{"slug": "298-mashidat-sagiidat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=298-mashidat-sagiidat", "title": "Машидат – Сагӏидат", "date": "2017-08-21 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Гьелъ цӏалун лъугӏизабуна хъвадарухъабазда гьоркьоб тӏоцебе Москваялда Горькил цӏаралда бугеб литературияб институт. 1956 соналдаса нахъе гьей йикӏана Хъвадарухъабазул союзалъул член. Шагӏир, драматург Машидатица хъвана гӏемерал пьесаби – «Талихӏаб къо», «Вехьасул яс», «Бертадул къоялъ», «Бахӏаралъул хъахӏаб шал», «Рокьиги хъизамги», «Дун вацазул яц» ва гь.ц. Гьел пьесаби Авар театралъ сценаялдасан рихьизарула халкъалда. Рахъана кучӏдузул гӏемерал тӏахьал. «Ракӏалъ цӏагӏолеб буго» абураб тӏехьалъе кьуна С. Стальскиясул премия. Хӏалтӏана магӏарул театралъул директорлъун, «Магӏарулай», «Гьудуллъи» журналазул редакторлъун. Дида тӏоцее Машидат йихьана дун институталда цӏалулей йигеб мехалъ Мухӏамад Сулимановасул рокъой.\nЦо къоялъ Мухӏамад вачӏана рокъове кӏиго чӏужугӏаданги ячун. Цояй йикӏана дагьаб ригь арай, цӏакъ берцинго умумузул къагӏидаялъ ретӏа-къарай гӏадан. Гьелда тӏад чӏван букӏана цӏакъ берцинго симис бараб сурмияб кӏаз, ретӏун букӏана канчӏсурмияб кьералъул шалил гурде. Рекӏелъе бортулеб хӏалимаб гьимиялъ гвангъизабун букӏана гургинаб гьумер. Берал рукӏана берцинал пашманлъиялъул гугьар бугел. Кӏалъай букӏана хӏеренаб, гӏодобе биччараб. Цадахъ йикӏана гьелда Бахумеседоги, Машидатил гьитӏинай яц. Мухӏамадица абуна жинди жакъа Машидатил эбелги яцги рихьанилан.\nЛъабго къо бачӏого, риччачӏо Мухӏамадица гьалбал рокъоре. Гьес Машидат яцлъун рикӏкӏунаан. Цӏакъ хӏурмат гьабулаан гьес Машидатил, рикӏкӏунаан бахӏарчияб гӏамалалъул, чӏара-хьарай, хасияталъулъ щибго тӏокӏлъи гьечӏей гӏаданлъун.\nГьелдаса нахъе гӏемерал сонал ана, нижер хинаб гьоркьоблъи киданиги хвечӏо. Гьей йикӏана дир мугӏалимлъунги гӏакълучӏужулъунги.\nМашидат гьаюна гӏемерал гӏалимзаби, бахӏарзал рахъараб Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъ, наибзабазул тухумалъул хъизаналда. Чанги захӏмат бихьанин жидер хъизаналда-йилан бицунаан Машидатица. Гьей жеги гьитӏинаб мехалъ, наибзабазул чий-илан эмен жанив тӏамуна ва араб бакӏ лъачӏого тӏагӏинавуна. Эбел Загъаласул Патӏимат йикӏана Шамил имамасул наиб Тавуш Махӏамадил васасул яс.\nМашидатица хъвана Дагъистаналъул бусурбабазе цӏакъ пайдаял тӏахьал. Гьезул тӏоцебесеб ккола «Шамил имам». Шамилил хӏакъалъулъ асар хъвазе Машидатица хъирщана чанги тарихиял лъугьа-бахъиназул гъатал. Киналдего гъорлъе яккун лъугӏараб мехалъ хъвана гьелъ жиндирго асар. Гьеб тӏехь гӏуцӏун буго 74 поэмаялдасан, гьелда жанибе бачун буго лъимерлъиялдасан, умумуздасан байбихьун, киналго лъугьа-бахъинал, рагъазул биценал, бахӏарзазул гьунарал. Гьенир ратула цере нилъедаса рахчун рукӏарал, Кавказалъул рагъуе рукӏарал гӏиллаби, нилъер халкъалда гьабулеб букӏараб зулму-хӏал.\nМашидатица гӏадин рагӏа-ракьанде щун гъваридго жание яккун, цониги хъвадарухъанас рагьичӏо Шамилил сипат. Цевехъан, гӏалимчи, гӏадан хӏисабалдаги гьев анкьабго рахъалъ рагьизе ккун вуго авторалда. Хадусеб тӏехь «Черкесазул имам шайих Махӏамад Амин» буго цӏакъ гӏемер хӏалтӏи тӏад гьабураб тӏехь. Машидатица дида бицана жийго Черкесиялде гьесул тарих цӏехезе иналъул, гьениса къваригӏараб материалги бакӏарун тӏадюссиналъул хӏакъалъулъ.\nМахӏамад Аминил сипатги буго Шамилилго гӏадаб гъваридаб, киналго гӏумруялъул рахъал, гӏамал-хасият, рухӏияб бечелъи жанибе бачараб. Лъабго бутӏаялдаса гӏуцӏараб, бицатаб, кӏудияб асар буго гьеб. Магӏарул росулъ гьавурав, гӏурав, гӏелму щварав Махӏамад Аминида кӏолеб буго щущан рукӏарал черкесазул халкъги цолъизабун, гьениб пачалихъ гӏуцӏизе. Тӏехь цӏалулезда гьениб батула гъазават байбихьиялъе ккарал гӏиллаби, гьелъул байбихьи имамзабазул гьеб къеркьеялъулъ букӏараб хӏаракат.\nМашидат йикӏана кӏудияб гӏакълуялъул, гъваридаб лъаялъул гӏадан. Гьелда кӏолаан бокьараб лъугьа-бахъиналъул гъваридаб анализ гьабизе. Цин асар хъвалалде гьелъ цӏалун лъазабулаан тарихияб ритӏухълъи.\nДун гьелъухъе моцӏрол ахирияб рузман къоялъ зияраталъе кидаго щолаан, нагагь ине щвечӏони, кӏалъалаан. Цо-цо мехалъ гьей ятулаан цебе букъарулеб машинаги лъун, садакъаде рикьизе жал рукъулей (какие хӏажатал жал, гӏурччинал байрахъал, халгӏат). Киданиги аскӏоб си гьабун лъун рукӏунаан садакъаде кьезе какикь тӏамулел жал. Машидат йикӏана мисал босизе мустахӏикъай магӏарулай. Рагӏулароан щивго какулей, лъилниги хӏакъалъулъ хабар цӏехолей, нахъасан кӏалъалей. Я хъвадарилей, я юкъарулей, яги чӏумал рехулей йикӏунаан гьей кидаго.\nМашидатилъ киданиги, гӏолохъанаб мехалъги, бихьичӏо гӏанчӏлъи, гогьлъи, ратӏлие ва месед-гӏарацалъе лагълъи гьаби. Сундулъго букӏана цокӏалаб гӏадатлъи, берцинаб гӏамал, узданлъи.\nФазу литератураялде «пирхараб пири» гӏадин ячӏарай ятани, Машидат ячӏана пахруяб таваккалгун, чӏванкъотӏараб пикругун, магӏарул гӏадатазул хаслъигун. Фазул буго цӏакъ бечедаб, гъваридаб, батӏи-батӏиял бакъназ, кьераз хъвараб поэзия. Машидатил буго шавкъ дагьаб ургъелги, бухӏиги, магӏуги жаниб гьарзаяб тарихалъул лъалкӏаз мугьручӏвараб поэзия.\nМашидатица инкар гьабуна «Халкъияй поэт» илан абураб цӏаралъе. Гьелъ абуна гьанже жиндие гьеб хабалъе босизейищила хӏажат бугеб? Цересел кӏицӏулго тӏагӏинарунила жиндир документал. Кагътида халкъияйлъун яхъинчӏониги, гьей йиго унго-унгояй халкъияй шагьир. Гьелда лъачӏо лъиениги хӏелизе, досда гьарун, гьасда гьарун цӏар балагьизе, гӏарац балагьизе. Гьелъие гьеб хӏажат букӏинчӏо. Гьей йикӏана жиндирго хӏурмат гьабизе лъалей, къадруялда хӏур хъвазе толарей, борхун бетӏер ккурай магӏарул чӏужугӏадан.\nАхирал соназ гьелъул бадиса канлъи ун букӏана, бажарулеб букӏинчӏо машинкаялда хӏалтӏун. Гьелъие кӏудияб кумек гьабуна Калиматица, гьелъул гӏагарай ясалъ.\nМашидатил нуцӏа кидаго рагьун букӏунаан. Гьелъул адаб гьабун гьелде швезе рачӏунаан гӏалимзабиги, учительзабиги, лъималги. Гьелде щвезе мех-мехалда рачӏунаан баракат щваяв Чӏикӏаса Кӏудиявги гьесул лъади Узлипатги. Машидат йикӏана устарасул мюрид. Устарас гьелъул цӏарги хисун букӏана Сагӏидат – абун. Кӏудияс борхана гьелъул хӏеж. Гьелдаса кӏудияб талихӏ щиб? Бокьарав чиясе щолеб жо гуро гьеб.\nАхираб нухалъ щвараб мехалъ дида нуцӏа рахан батана. Кидаго рахалареб нуцӏа рахан батизе дие бокьичӏо. Гьей жаний йикӏин лъана. Цинги хӏалица квералги чӏван, ячӏун гьелъ нуцӏа ричӏана.\n— Чиясда кӏалъазе кӏолеб хӏалги гьечӏого рахана нуцӏа, – ян абуна гьелъ.\nТохтур ахӏилищ? Аскӏов чи гьечӏого бегьиларо, — ян абуна дица.\n— Дида аскӏов Аллагь вуго, — ан абуна Машидатица. Лъидего кӏалъазе изнуги кьечӏо. Гьелъие бокьун гьечӏоан унтараб мехалъги лъидего ккезе. Цӏакъ къвакӏараб хасият букӏана гьелъул.\nГьелда жиндирго рагӏад кӏодолъун бихьулароан. Кӏудиял тӏалабал жиндехунго лъилниги тӏалаб гьабулароан. Амма цӏакъ йоххун йикӏунаан Калиматидаса ва росдал администрациялъулги жигаралдалъун гьабулеб бугеб музеялдаса. Гьелдаса хадуб лъабго къоялдасан нилъедаса ятӏалъана. Унго-унгояй миллат чӏухӏизе бегьулей, гӏахьвалазул къадрулъун, чӏухӏилъун йикӏине мустахӏикъай, унго-унгояй бусурманчӏужу, борхун ккураб бетӏер Аллагьасе гурони къуличӏей, Машидат.\nЗалму Батирова"}
{"slug": "301-zhindirgo-giumrugi-kun-khvasar-garuna-tsogidal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=301-zhindirgo-giumrugi-kun-khvasar-garuna-tsogidal", "title": "Жиндирго гӏумруги кьун хвасар гьаруна цогидал", "date": "2017-08-21 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Август моцӏалъул анцӏабилеб къоялъ Аллагьасул къадаралде щвана Шамил районалъул Къахӏиб росдал администрациялде гьоркьобе унеб Хородаса Муртазагӏалиев Мухӏамадамин. Гьес жиндирго гӏумру кьуна ралъдалъ гъанкъулел рукӏарал 20 сон барай гӏолилайги, 13 сон барав васги хвасар гьарулаго.\n19 сон барав вас хвей кутакалда захӏмалъана гьесул эбел-инсуе. Амма гьез хӏал лъазе биччачӏо, Аллагьасул къадар лъидаго гьукъизе кӏоларинги абун, къвакӏун чӏана. Мухӏамадамин, гьеб пашманаб лъугьа-бахъин ккелалде цебе, ай кӏиго анкьалъ цеве автоавариялде ккун вукӏана. Мадар лъугьиндал, хӏухьбахъизе ралъдахъе ун вукӏарав чи вукӏана гьев гьеб къоялъ. Гьенив вукӏаго рагӏана кумекилан ахӏдолел гӏадамазул гьаркьал. Гьеб заманалда ралъдал рагӏалда гӏезегӏан чи вукӏаниги, Мухӏамадаминида гурони ракӏалде ккечӏо кумекалъе вортизе. Бугеб рухӏ-хӏалги кьун, гъанкъулел рукӏарал рагӏалде тункана гьес, амма… живго, гӏемер тату хвеялъ, гъанкъана.\nЧанго сагӏаталдасан Мухӏамадаминил гӏага-божарал, росуцоял ралъдал рагӏалде ракӏарана. Гьезда гьоркьов Мухӏамадаминил цинагӏал Давудов Шамилги вукӏана. Гьеб заманалда цояв гъанкъулев вугин, кумекилан ахӏи бахъана. Шамил кумекалъе вортана. Шамилица бицана лага-черхалъ жиндаса къечӏев гӏадав гӏолохъанчиясе батанила кумек хӏажалъун.\n«Дун аскӏове щведал тӏадхурхун чӏана гьев. Дица гьесда абуна нилъ кӏиялго гъанкъулин гьадин ругони, мун виххугейин ва хвасар гьавизе квалквал гьабугейин. Гьевги дихъ гӏенеккана ва нижеда кӏвана ралъдал балагьаб квачӏикьа рорчӏизе. Рагӏалде щведал, дир телефоналъул номерги ана гьес босун. Сон кӏалъан вачӏана Буйнакскиялдаса, жив хер бецулев вугин, дуе баркала кьезе вачӏине вугин абун», — ан бицана Шамилица.\nГьедин гьабула иманги ияхӏги бугел гӏадамаз. Амма жидее гӏоло гӏумру кьуниги, баркалагӏанасеб рагӏи абизе лъачӏо Мухӏамадаминица хвасар гьаруразда.\nГьелдаса нахъе анкь гурони ун букӏинчӏо дун Мухӏамадаминил эбел-инсухъе щведал. Гьев бахӏарчиясул эмен Мухӏамадхӏабибица гьадин бицана: «Лъабго-ункъо сон буго нижер хъизан росулъа гочаралдаса. Гӏумру гьабизе тӏасабищана Темиргъое. Дир рукӏана лъабго васги цо ясги. Мухӏамадамин вукӏана кӏиабилев вас. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего гьев вукӏана цӏакъ гӏамал берцинав чи. Гӏагараб росулъ 9 классги лъугӏизабун, гӏелму цӏализе ана цин Урмаве, хадуб Унсоколо росулъе. 2016 соналда цӏализе лъугьун вукӏана исламияб университеталде. Цӏакъ рази рукӏана гьесдаса мугӏалимзабиги. Зигараялъ вачӏарав гьесул мугӏалимас бицана цониги нухалъ гьесие бадибчӏвай гьабизе ккечӏин. Университет лъугӏидал ракӏалда букӏана педуниверситеталдеги лъугьун, гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалда хӏалтӏизе. Рокъобги я эбелалъ, я дица гьесда щибго абизе кколароан. Живго вахъун гьабулаан рукъалъул хӏалтӏиги, гьимун гурони лъиданиги кӏалъазеги кӏалъалароан. Дагьаб мехалъ вихьизе кьурав чи вукӏун вугоха. Щиб гьабилеб, Аллагьасул къадар лъидаго кӏоларо гьукъизе».\nГьев гъанкъараб къоялъ МЧСалдеги ахӏун водолазалги рачӏана. Амма гьев ватана ралъдалъ чвердолел рукӏарал цогидазда. Жеги ракӏунтун вуго эмен гьев ватарал гӏолохъаби лъаларого, гьезие баркала кьезе бокьун.\nРосдал школалъул директор Мухӏамад Гьитӏихӏмаевасги лъикӏаб къимат кьуна Мухӏамадаминие:\n«Гьев вукӏана тӏадкъараб хӏалтӏи заманалда тӏубалев, гӏадлу-низамалъул рахъалъ мисалияв вас, цӏализеги квешав вукӏинчӏо. Гьесул багьадурлъи кӏодо гьабизе ккела пачалихъалъ».\nМухӏамадаминица жиндирго гӏумруги кьун кӏигояв хвасар гьариги, Шамилица цояв хвасар гьавиги – гьеб буго унго-унгояб бахӏарчилъи. Гьединазин къоккедал цӏунулеб гӏагараб Ватӏанги. Ва гьединазул гьунаралъе мустахӏикъаб къиматги кьезе ккола.\nСайпула ГЬИТӏИНАМУХӏАМАДОВ"}
{"slug": "310-bachiunesel-giarada-rechichiize-gurin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=310-bachiunesel-giarada-rechichiize-gurin", "title": "Бачӏунеселъ гӏарада речӏчӏизе гурин…", "date": "2017-08-28 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаналъул миллияб музеялъул Чӏиркъатӏа росулъ бугеб филиалалда\nбуго 3000-гӏанасеб экспонат\nДагъистаналъул щибаб росулъ буго музей. Гьелъие хасаб мина гьечӏел бакӏазда музей гӏуцӏун буго гӏагараб ракьалъул тарихалъулги рухӏияб нахърателалъулги къимат гьабулел гӏадамазул рукъзабахъ. Гьезул хӏакъалъулъ чанцӏулго хъванги букӏана. Гьеб рахъ босани, Чӏиркъатӏа росдал музеялъе талихӏ кканин абизе бегьула, росдал бегавуласдаги районалъул нухмалъиялдаги музеялъул бугеб кӏвар бичӏчӏи. Музеялъе бан буго кӏитӏалаяб мина.\nНекӏсияб росу:\nхӏужаби ва баянал\nРосдал рагӏалда буго нус-нус сонал рараб тарихияб памятник — гьитӏинабго гургинаб си. Гьелъул борхалъи буго 2,5 метр, гӏеблъи – цо метр. Гьединаб памятник Дагъистаналда гьечӏо, буго чанго гьединаб памятник Африкаялда, гӏарабазул улкабазда. Гьеб къанагӏатаб памятникалъул хӏакъалъулъ нилъехъе щвана гьадинал баянал.\nХӀI гӏасруялда Дагъистаналда ислам тӏибитӏизабизе вачӏарав Абулмуслим шайихасда цадахъ аскаралъул бетӏерлъуда рукӏун руго гьесул вацалги. Гьезул сапаралъул хӏакъалъулъ нахъе хутӏарал документал цӏакъго мукъсанал руго. Батӏи-батӏиял хъвай-хъвагӏаяздасан ва умумузухъа щварал биценаздасан баянлъула гьадинал хӏужаби: Чӏиркъатӏа росу буго тӏабигӏияб рахъалъ кӏвар бугеб жаниблъиялда бараб росу, гьеб росулъан унаан лъарагӏлъиялде тӏощалида хадур магӏарулалги, гочунаан гӏиги, Чӏегӏер ралъдал рагӏалчӏван Гуржиялъа Каспий ралъдал рагӏалде Кавказ къотӏун базаргаби хьвадулаан.\nАбулмуслим, жиндирго богун Хунзахъе унаго, рещтӏун вуго Чӏиркъатӏа. Гъоб заманалда росу букӏун буго 12-ялдасаги цӏикӏкӏарал кулабаздаса гӏуцӏараб. Щибаб тухумалъул вакилзабиги ахӏун, Абулмуслимица абун буго, щибаб колода мажгит базе рес букӏунарин, нуж киналго, цо росуги ккун, цолъизе кколин. Гьеб вагӏзаги гьес гьабун буго кӏудияб ганчӏиде тӏадеги вахун. Жиндирго вац Гӏалисултан Чӏиркъатӏаги тун, Абулмуслим цевехун ун вуго. Гьес вагӏза гьабураб ганчӏида тӏад, досул хӏурматалда, бан буго си. Гӏалисултание росулъ бан буго мина. Хадуб гьениб рагьун буго мадраса. Хвараб мехалда Гӏалисултанги гьеб мадрасаялда аскӏов вукъун вуго. Гьениб гьанже зияратги буго.\nРосулъа чӏахӏиял чагӏазул биценалда рекъон, гьаб си бан буго, цебе букӏараб сиги биххун, гьелъул бакӏалда, гӏага-шагарго 1690-абилел соназда. Гьеб сиялда жанир рукӏун руго кида Абулмуслим вачӏаравали, кида гьаниб ислам тӏибитӏарабали тӏад хъварал къанал. Большевикал рачӏараб мехалъ, гьез гьел гъурун тӏагӏинарун руго.\nНус-нус сонал рараб тарихалъул ва архитектураялъул гьеб памятник биххун инехъин буго. Памятник тӏад бараб гамачӏ, гъоркьан лъараца кванан, бортизе къачӏан буго. Дун гӏемерал бакӏазде щвана гьелъул бицун, амма ишалъулаб кумек щолеб гьечӏо. Гьединго Чӏиркъатӏа росдал ракьалда руго гьанжеялдаса лъабазаргогӏан соналъ цебе кьурда рикӏун рахъарал сураталги хъвай-хъвагӏаялги. Археологал, рос-лъади Котовичаз, гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьел суратал цӏуниялъе, амма жакъа гьабулеб хӏалтӏи цӏакъ загӏипаб буго. Расулица абухъе, бачӏунеселъ нилъеда гӏарада речӏчӏизе гурин хӏинкъун вуго дун.\nТарихалъул нугӏзал\nГӏагараб ракь лъазабиялъулгун тарихалъул музей рагьиялъе квербакъана Чӏиркъатӏа росдал гьоркьохъеб школалъул тарихалъул учитель Къумахӏажи Шихмирзаевасул хӏаракаталдалъун. Гьес данде гьабуна анцӏ-анцӏ экспонат ва гьел лъун рукӏунаан тарихалъул кабинеталда. Дагь-дагьккун музеялда къайи гӏемерлъана ва школалда гьелъие кьуна хасаб кабинет. Гьенибги гӏолеб букӏинчӏо бакӏ. Гьебмехалда росдал администрациялъ музеялъул къайи лъезе кьуна росдал Культураялъул рокъоб хасаб бакӏ. Дол соназда музеялъул хӏалтӏухъ мухьги кьолароан, хӏалтӏиги гьабулаан жигарчагӏазул кумекалдалъун. 2006 соналда Гумбет районалъул бетӏер Сайгидахӏмад Ахӏмадовасул жигаралдалъун ДРялъул Культураялъул министерствоялъ Чӏиркъатӏа рагьана Дагъистаналъул цолъизабураб музеялъул филиал. Рагьана лъабго хӏалтӏухъанасе штатги. Гьабсагӏаталда музеялда вуго щуго хӏалтӏухъан.\n2013 соналда районалъул администрациялъ байбихьана музеялъе цӏияб мина базе. Къокъаб заманалда банги бахъинабуна гьеб. Музеялде рачӏуна республикаялдаса, улкаялдаса ва улка тун къватӏиса гьалбал. Ахираб щуго соналда жаниб гьенире щвана Германиялдаса, Голландиялдаса, Франциялдаса, Югалъулаб Кореялдаса, СШАялдаса гьалбал.\nИбрагьим Ибрагьимов,\nЧӏиркъатӏа росдал тарихалъул ва гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялъул директор"}
{"slug": "314-tiabigiat-nil-er-bechel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=314-tiabigiat-nil-er-bechel-i", "title": "Тӏабигӏат — нилъер бечелъи", "date": "2017-08-28 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Кӏудияб гӏурул унти\nАби буго 1000 соналъ цебе Аваргӏор Датуна росдада аскӏоб бугеб\nкилисаялда цебесан чвахулеб букӏанин\nГьедин, ай Кӏудияб гӏорилан абулаан умумузго Шамил район кӏийиде бикьулеб гӏоралда. Бицен гьабулеб гӏор ккола Аваргӏор — Аваргъойсу. Гьеб цӏар нилъер гуро, тюрказулгун татаразул кьибил бугеб буго. Лъарагӏ мацӏалда гьелъул магӏна ккола «Гӏиял гӏор» абураб.\n… Аваргӏор жубала Гӏандигӏоргун Генуб росдадаса 3 километралъ тӏадехун. Гӏурул халалъи буго 178 км. Гьелъул байбихьи буго гуртиязул мугӏруздасан, Гутан мегӏералъул хьолбодасан. Гуртиязулги буго гьеб гӏоралъе кьураб хасаб цӏар — Симбирисхеви абураб, ай «эхебе чвахулеб». Буго цоги цӏар цересел гӏарабазул рагъухъабаз лъураб. Гьез гьелда абулаан «Нагьаралгеми» абун. Гӏараб мацӏалда гьелъул магӏна ккола «гӏиязул гӏор» абураб. Гьаб цӏар кьеялъе гӏиллаги буго некӏо магӏарулаз ихдалги хасалихъеги гьеб гӏорккун гӏиял рехъаби гочинарулел рукӏин магӏарухъеги нахъеги. Гӏи гочинабулеб нухги букӏун буго Аваргӏорккун, Богос ва Нукъукь мугӏрузде тӏаде. Гьел гьенир тӏубараб рииялъ, ай хаслихълъи щвезегӏан хьихьулаан.\n… Аваргӏурулъе чвахулеб лъаразул къадар 440-ялде бахуна. Аслияллъун ккола Журмут, Хьвангӏор, Сарагӏор, Темиргӏор, Хъахӏабгӏор, Ракьуб, Гичину, Тобот, Къаралгӏор.\nКӏудияб гӏор чвахула Нукъукь мегӏералъул къваридаб расалъиялдасан. Гьелъул хӏакъикъаталдаги байбихьи буго Ансухъ росдада аскӏоб. Гьенирго журала бищунго кӏудиял рикьалаби — Журмут ва Хьвангӏорал.\n… Гӏурул гӏамал цӏакъго ццидалаб буго, хасго ихдал мехалъ. Хасало гьеб гӏодобцуна. Цӏакъго жаниб цӏола Аваргӏор май моцӏалдаса август моцӏалде щвезегӏан. Риунел цӏорол мугӏруз, халатрахъарал чвахун цӏадаз гьелъул лъим цӏикӏкӏуна. Гьеб заманалда гӏурул рагӏаллъабазда талихӏкъосарал лъугьа-бахъиналги ккола. Гьалаглъараб гӏоралъ жиндирго нухда батараб кинабго босун уна: гъутӏби, рукъзал, боцӏи-панз.\n1963 соналда гӏор бищунго кутакалда щун букӏана. Гьелъул хӏасилалда лъеца росун ана Советский (цебесеб цӏар) районалъул централъул гӏемерал рукъзал, щущазаруна нус-нус километр нухазул, росун ана кьоял, лъелъе ана ахал, хурзал, огородал. Гьаб кинабго рукӏалиде ккезабизе къваригӏана чанго сон.\nНекӏсияб, мажусияб дин гьабулеб заманалда букӏараб абиялда рекъон, кутакалда ццидахун гӏор щварабго гьелъ ахал, хурзал хвезарун гуребги, гӏемерал гӏадамалги росун унел рукӏун руго. Гьеб мехалъ гӏорги ракӏгъанцӏулеб хӏалалъ рурудулеб букӏун буго. Гӏор гӏодобе буссинелъун гӏадамаз цо хасаб бакӏалде хъураб гӏи-боцӏул къулагӏаби рехулел рукӏун руго.\n… Сверана сонал, гӏасраби, замана. Кӏудияб гӏурул рагӏаллъабазда гӏадамаз рана росаби, кулал, гӏумруялъе квегӏенал жанир чӏолел бакӏал.\n…Аваргӏорккун эхеде рачӏунаго, Датуна росдада аскӏоб буго жеги нахъе хутӏараб, Дагъистаналъул мугӏрузда цого-цо бугеб насраниязул килиса. Тарихчагӏаз чӏезабун буго гьеб бараб заманаги — X-ХӀ гӏасру. Ччукӏелазул хӏасилалда гӏор жакъа гӏага-шагарго бащдаб километралъ килисаялдаса рикӏкӏалъун буго. Аби буго 1000 соналъ цебе Аваргӏор килисаялда цебесан чвахулеб букӏанин.\nНекӏо заманалда Кӏудияб гӏоралъ гӏадамазе лъим гуребги, квенги кьолаан. Гӏурул рагӏаллъабазда гӏумру гьабулел гӏадамазда «хьиндалалин» абула. Гьеб рагӏиги бачӏун буго «лъим» абураб рагӏудаса. Гьениб гьарзаго лъимги хинлъиги букӏуна. Гьенир рижула мугӏрузда къанагӏатал субтропикалъул гъутӏбиги (карудал, тутил, гранаталъул, инжиралъул, хурмадул, багӏлидал, хъахӏаб ахбазаналъул).\nЦоги сундалъунха цӏар ун букӏараб Кӏудияб гӏурул? Нусгоялдасаги соналъ цебе щибаб къойил гӏадин лъебелазулги цӏунтӏадерилги рохьахъан гӏурулъе риччалаан накӏкӏигъутӏбузул чӏулби ва гьел цоцада рухьунаан. Гьунар бугел лъетӏахъабаз гӏурул сангаралги квегъун, чӏулби жиндир гӏужда цӏул хъухъалеб заводазде щвезарулаан. Гьедин гьез мугӏрузулаб Дагъистан хьезабулаан къиматаб, минаби разе хӏажатаб цӏуладалъун.\n…Доб заманалда гӏурул рагӏаллъабазда бусаби лъолаан лъарал хӏанчӏаз, чӏегӏерал ордеказ, заз-хъарахъалда гъоркь рукъзал ралаан турхаз (выдры). Гӏурул байбихьуда, лъебелазул рохьал тун тӏадехун, ракьулъан рухӏарал лъимал кӏанцӏулел бакӏал гӏемер рукӏана. Цересел соназ хӏухьбахъизе гӏадамал гьанире Гуржиялъацин рачӏунаан. Гьанже лъиналги дагьлъун руго, гӏурулъ масакӏ ччугӏаги къанагӏалъун буго. Гӏилла — лъим чороклъи.\nНекӏо ахал лъалъазе кӏососез, гьакьадерица, гьоцӏдерица ва цогидазги Гъойсугӏурул лъим бачунаан, цо-цо бакӏалдасан, кьурабалъан цӏулал яги шагӏил гонгалги лъун. Ахал лъалъазе чӏезабураб хасаб тартибги букӏун буго. Гьанже гьел ахазул хутӏараб жо гьечӏо. Умумузул ахазе гьабулеб букӏараб хъулухъги гӏадамазда кӏочон тана.\nГьанже Кӏудияб гӏорги «унтун» буго. Унтунги буго дунялалда тӏад ругел аза-азар гӏоралго гӏадин. Гьеб унтуда цӏарги гӏадамазул ургъел гьечӏолъи буго.\nНухлулазда рихьизе бегьула, Генуса унаго, Аваргӏорги Гӏандигӏорги журалеб бакӏалдаса байбихьун пластикалъул шушбузулги пакетазулги гохӏал. Бицунеб буго гьез Чӏикӏаб хӏорги цӏезабун бугин. Гьединабго хӏал буго Рихьуниб ва Гьоцӏдерил ГЭСазда сверухъги. Бацӏцӏадаб гӏурул лъелъе щибаб къойил жубалеб буго канализациязул лъимги.\nЦебе туалетал рукъзабаздаса рикӏкӏад ралаан яги гъваридал гундби рухъун, чороклъиялде тӏаде рохъо балаан. Гьанже гьел канализациялъе рогӏрал лъун лъелъе тӏамулел руго. Росабалъа чваххулел лъараз гьеб кинабго Кӏудиябгӏурул лъелъе босун бачӏуна. Лъаразул лъимги гьанже гьекъолеб хӏалалъ гьечӏо. Лъиеха бокьилеб партал чурараб порошокалъулги туалетазулги жубараб лъим гьекъезе. Тӏадежоялъе, гьеб лъимги кьишнидул гъонолъан чвахун унеб буго. Аваргӏурул рагӏаллъабаздаса, Маххул кьодаса бахъараб Лъаратӏе щвезегӏан хӏажатханаби гӏурулъе чвахула.\nНилъ ургъизе ккола тӏабигӏаталъе гьабулеб заралалда тӏад. Гӏадамал рукӏине ккола мацӏ бичӏчӏулеллъун. Гъойсугӏурул расалъабазда ралел ругел ГЭСаз гендерил, рихьундерил, хьергебдерил жамагӏатазе зарал гьабулеб буго. Тӏоцебесеб иргаялда, гьениб хисана гьава-бакъ, регьел гӏемерлъана, рада-радал тӏад лъураб русулнакӏкӏалъ квалквал гьабулеб буго ахбазан хехго барщиялъе. Цебеялде дандеккун гьанже гьеб ахбазан 10-15 къоялъ кватӏун барщула. Пихъил тӏагӏамги цебе гӏадинаб гьечӏо.\nДагьаб цебе бан лъугӏана Гьоцӏдерил ГЭС. Проектазда рекъон дагьалги станциязул каскадал разе рихьизарун рагӏула. Гӏурул рагӏаллъабиги жагъаллъиларищ, хӏоринир ахалги тӏерхьина, расалъабазул рагӏаллъабиги ччукӏун ина. Аваргӏурул расалъи тӏабигӏаталъул заповедник гуребги, нус-нус соналъ цебе гӏадамаз гӏумру гьабизе тӏасабищараб бакӏги ккола. Тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Гӏ. М. Давудовасул рагӏабазда рекъон, Гьоцӏдерил ГЭСалъул хӏоралъ гъанкъизабун буго некӏсиял хабалаби ругеб бакӏ (некрополь), гьебгиха гӏелмиял цӏех-рехазе кӏудияб къимат бугеб. Палхӏасил, цӏияб хӏорил тӏинде тӏерхьун ана умумуз чӏарал ахал гурелги, маданияталъе къиматабщинабги.\nГьеб киналъего батӏияб нух бугищ? Буго. Масала, церетӏурал улкабаз некӏогоялдаса нахъе ралел гьечӏо гӏоразда сангарал ран чӏахӏиял ГЭСал. Гьезул бакӏалда ралел руго гьитӏинал ГЭСал. Гьел ралаго хӏалтӏизарула гӏелмиялгун технологиялъул церетӏурал къагӏидаби, тӏабигӏат цӏунулел сурсатал. Тӏабигӏат цӏуниялъул маданият хурхараб буго умумуздасан щварал гӏадатаздаги, маданияталъул цогидал бутӏабаздаги, нилъер цебесеб бечедаб тарихалдаги.\n…Гӏажаибаб къуват буго тӏабигӏаталъул. Инсанас тӏабигӏат цӏунизе ккани, букӏине ккола гьелде рокьиги къуватги.\nЦо чанго соналъ цебе Аваргӏор щвеялъул хӏасилалда, Шамил районалъул Хӏебда (центр) росулъ росун ана гӏадамазул рукъзал, даран-базар гьабулеб бакӏалде кӏанцӏана лъим. Гӏадамал гьабизе жо тӏагӏун, рихха-хочун кодобе щвараб буголъи, къайи хвасар гьабизе рортана. Гӏорги тӏадеялдаса тӏаде гьалаглъулеб, ццидахунеб букӏана…\nКъварилъи ккаразе кумек гьабизелъун актаби гьаризе Махӏачхъалаялдаса вачӏарав ригь арав чияс абуна: «Гӏуруе те гӏор щварабщинаб бакӏ, гьеб буго гьелъул рукъ», — ан. Гьес гьедин абуна гӏурумухъ ккун ран ругел рукъзал рихьидал.\nКӏудияб гӏоралде бачӏараб къварилъи-балагьалъул гӏемераб хъвазе бегьула. Гӏадамазги гьелда тӏаса лъугьаян гьаризе ва хадубккунги гьеб цӏунизе жигар бахъизе ккола. Нилъеца гьелъул къимат гьабичӏони, гӏун бачӏунеб гӏелалъ гьениса лъим гьекъезе гьечӏо.\nМухӏамад Гъазалиев,\nГьандихъ росу"}
{"slug": "315-nil-kinalgo-tsol-ize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=315-nil-kinalgo-tsol-ize-kkola", "title": "Нилъ киналго цолъизе ккола", "date": "2017-08-28 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "23 августалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул динияб форум\nГьудуллъиялъул рокъоб гӏуцӏараб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповги. Гьес абуна, батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьор лъикӏал бухьенал ругони, рес букӏунин республикаялда ракълилаб гӏумру цӏунизеги, жамгӏият цолъизабизеги, ватӏан цебетӏезабизеги.\n«Халкъалъул цолъи гьечӏони, гьарун бажаруларо киналгӏаги улкаялъе пайдаял хиса-басиял. Улкаялъул президент Владимир Путиницаги кӏудияб кӏваркьола рухӏияб цебетӏеялъе, культураги, динги чӏаголъизабиялъе, батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьосел бухьенал щулалъиялъе», — ян бицана гьес.\nРеспубликаялъул нухмалъулес баркала кьуна Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасеги Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги епископ Варлаамиеги – Кавказалъул рагъул гӏасиял лъугьа-бахъиназул нугӏлъун бугеб Ахӏулгохӏда мемориалияб комплекс базе разилъаралъухъ. «Гьенир шагьидлъана гӏемерал дагъистаниялги, гӏурусалги, Кавказалъул халкъазул цогидал вакилзабиги. Киназулго биялъ белъараблъун рикӏкӏуна Кавказалъул рагъул бищунго кьварараб кьаби ккараб Ахӏулгохӏ – гьебго биялъ лъалъараб буго Россиялъул халкъазул гӏаммаб къисматги. 1929 соналда, килиса къаялъул хабар ккедал, гьелде данде рахъана Дагъистаналъул бусурбаби. Гьезул хитӏабалда гьадин хъван буго: «Нижеца, гьаниб гъоркь гъолбасарал Буйнакскалъул бусурбабазул жамгӏияталъул вакилзабаз, цӏалана «Багӏараб Дагъистан» газеталда бахъараб макъала. Гьелда бицунеб буго Святотроицкий килиса къазе кколилан. Гьеб балаго, хӏалтӏизабун букӏана нижерги захӏматгун сурсатал. Ниж рази гьечӏо гьеб къазе кколин абураб пикруялда. Гьединал, ай диназда гьоркьосеб цолъиялъул, мисалал гӏемер руго», — ян бицана Рамазан Гӏабдулатӏиповас ва форумалъул гӏахьалчагӏазе икъбал гьарана.\nГьадинал дандеруссиназ власталъулги диниял жамгӏиятазулги бухьенал щулалъизариялдеги терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьеялъе квербакъиялде хьул бугин абуна данделъиялда шайих Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевас.\nФорумалда кӏалъана Сириялдаса шаргӏиял гӏелмабазул доктор Мустӏапа Диб ал-Буга, диакон Дмитрий Асратян, Сагӏид-Апандил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул теологиялъул институталъул ректор Гӏабдула Ацаев, РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Гӏолилазегун лъималазе рухӏиябгун ватӏан бокьиялъул тарбиякьеялъул комиссиялъул член Алексей Вайц."}
{"slug": "316-risalatazul-bitsarab-bakhiarchiyab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=316-risalatazul-bitsarab-bakhiarchiyab-giumru", "title": "Рисалатазулъ бицараб бахӏарчияб гӏумру", "date": "2017-08-28 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Жинца хъвараб кагътида жаниб гӏадин рагьуларо гьелъул авторасул пикраби…\nАхираб заманалда, гӏемерал гьечӏониги, къватӏире рачӏине байбихьун руго магӏарул мацӏалда хъварал Шамил имамасул, Кавказалъул рагъазул темаялда хурхарал тӏахьалги мажмугӏалги. Дагьаб цебегӏан гьединаб иргадулаб тӏехь щвана цӏалулезухъе – «Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб. Гьеб ккола кӏудияв имамас 220 сон тӏубаялде сайгъат гьабураб басма. Гьелда руго 1863 соналдаса 1904 соналде щвезегӏан имамасул хъизамалъул вакилзабаз цоцазухъе ва гьединго гьезухъе цогидаз гӏажамалъ хъварал кагътал. Гьезул аслияб къадар ккола Гӏусмани империялда гӏумру гьабулел рукӏарал Шамилил васал Гъазимухӏамадицаги Мухӏамадкамилицаги Россиялда хутӏарав жидерго гьоркьохъев вац Мухӏамадшапигӏихъе хъварал кагътал. Мажмугӏ данде гьабуна ва басмаялда бахъана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Хӏамзаевас. Гьеб мажмугӏалъул кӏваралъул, гьенир кьурал кагътазул хӏакъалъулъ бицунаго, жиндирго цеберагӏиялда Мухӏамадица хъвалеб буго гьадин: «Гьанжесеб Дагъистаналъул жамагӏаталъе, хасго магӏарул чиясе кӏудияв имамасул гӏумруялда хурхарабщинаб жоялъул бугеб кӏварги хӏисабалде босун, хӏукму ккана Шамил имамас 220 сон тӏубаялде гьал кагътал басмаялда рахъизе. Гьелдаго цадахъ гьезулъ бугеб материалалъул буго кӏудияб къимат гуманитарияб гӏелмуялъул батӏи-батӏиял рахъазеги: тарихалъе, адабияталъе, мацӏалъул гӏелмуялъе, политологиялъе, культурологиялъе, этнографиялъе ва гь.ц. Кагътал цӏалараб мехалда, бихьулеб буго Шамилил лъимал тӏадегӏанаб культураялъул, камилаб гӏелму-лъай щварал, исламияб тарихги, аварагзабазул къисабиги, шаргӏалъул къануналги лъалел чагӏи рукӏараблъи», – ян.\nТӏехьалда кьун буго кинабниги 74 кагъат:\n– Чӏохъа Гӏинкъав Хӏажил яс Аминатица жиндирго бетӏергьанчи Мухӏамадшапигӏихъе 1863 соналда Калугаялдаса хъвараб кагъат.\n– Шамилил яс Нажабатица Россиялда тарал вацал Гъазимухӏамадихъеги Мухӏамадшапигӏихъеги Истамбулалдаса хъвараб кагъат.\n– Россиялда вукӏарав Мухӏамадшапигӏица 1876 соналда Истамбулалде кӏудияв вац Гъазимухӏамадихъе хъвараб кагъат.\n– Россиялда вукӏарав гьитӏинав вац Мухӏамадшапигӏихъе Гъазимухӏамадица 1879–1900 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (49 кагъат).\n– Россиялда вукӏарав кӏудияв вац Мухӏамадшапигӏихъе гьитӏинав вац Мухӏамадкамилица 1880–1902 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (14 кагъат).\n– Истамбулалда чӏарав мугьажир, Тӏанусиса Хӏажияхӏял вас Гъайирбегица Россиялда вукӏарав Мухӏамадшапигӏихъе 1882, 1887 соназда хъварал кагътал (кӏиго кагъат).\n– Хунзахъа Къадимухӏамадица 1886, 1902 соназда Мухӏамадшапигӏихъе хъварал кагътал (кӏиго кагъат).\n– Шамилил вацгӏал Генуса Жамалудиница Мухӏамадшапигӏихъе хъварал кагътал.\n– Гъазигъумекиса Жамалудин-устарасул вас Гӏабдурахӏманица 1896 соналда Мухӏамадшапигӏихъе хъвараб кагъат.\n– Шамилил гьитӏинав вас Мухӏамадкамилица 1904 соналда Мадинаялдаса Генуса Жамалудинил вас Хӏусенихъе хъвараб кагъат.\n– Темир-Хан-Шураса пуланав Мухӏамадгӏалица Мухӏамадшапигӏихъе хъвараб кагъат.\nЖинца хъвараб кагътида жаниб гӏадин рагьуларо гьелъул авторасул пикрабиги, хьулалги, къасдалги, гӏамал-хасиятги, напсалъулаб дунялги. Гьелдаго цадахъ гьениб загьирлъун букӏуна кагъат хъвараб заманги, гьелъул хаслъиги, суалалги, гӏамал-гӏадаталги. Гьединлъидал Шамил имамасул лъималазул кагътазул къиматаб рахълъун ккола гьел рукӏин хъвараб заманалъул документалиял нугӏзаллъун. Щайгурелъул гьезул авторалги адресаталги рукӏиндал ХӀX гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда Дагъистаналдаги, Россиялдаги Гӏусмани империялдаги ккарал кӏудиял, тарихиял лъугьа-бахъиназул жигарал гӏахьалчагӏилъунги чӏагоял нугӏзаллъунги. Масала, Россиялда хутӏарал вацал Гъазимухӏамадихъеги Мухӏамадшапигӏихъеги Мадинаялдаса имамасул яс Нажабатица хъвараб кагътида руго гьадинал мухъал: «Расуласда цере чӏедал, Патӏиматул-Загьраил кӏалтӏе щведал, Бакъигӏалдехун руссиндал, Ухӏудалдехун сверидал, Хӏамзатихъ балагьидал, нижер гьабулеб дугӏаги нижер гьабулеб гьариги инсуйги нужееги буго. Аллагьас къабул гьабеги эзул хӏурматалъе гӏоло. Амин, амин. Исана эменги Мадинаялда чӏун вуго. Нужедаса ятӏалъун, кидаго чӏезе кӏвеларилан йикӏана, вацал, дун. Нужедаса ятӏалъиялъул ургъелалъ унтун йиго дун, загӏиплъунги йиго. Гьаб унтараб черхги босун, гьаб Мадинаги тун, ячӏине кӏоларого буго. Дунго аний йигониги, ракӏ нужеда аскӏоб буго, нуж рекӏелъа араб дакъикъа гьечӏо, къасиги къадги хириялщинал зияратазда нужее дугӏа гьабулей йиго. Аллагьас къабул гьабеги. Рохелгун цоцазда рихьизе хъван батаги, бусурманаб ракьалда данде гьареги».\nГьал мухъал цӏалидал, цебе чӏолеб буго рикӏкӏадаб Россиялда хутӏарал гӏазизал вацазул ургъалида йигей, гьезухъ урхъарай, Мадина-Мунаварраялда, Аварагасул ракьалда, хириял зияратазде хьвадулаго, Бетӏергьанасдаса гьезие сахлъиги саламалъиги гьарулей, гьезде хӏасрат тӏамурай къадруяй яцалъул сипат. Гьелъ нилъ тӏамулел руго пикру гьабизе имамасул рокъоб, хъизамалда жаниб букӏараб гӏумруялъулги, ахӏвал-хӏалалъулги, гьелъул вакилзабазда, хасго лъималазда гьоркьоб цоцаздехун букӏараб адаб-хӏурматалъулги, рокьулги, чӏужугӏаданалъ бихьинчиясул, яцалъ вацазул гьабулеб букӏараб кӏудияб къадруялъулги.\nБалагьараб мехалда, гӏумру рагъазда, гъазаваталъул нухда аниги, кӏудияв имамас кӏвар кьолеб букӏун буго жиндирго лъималазе тарбия кьеялдеги, гьезда гьоркьоб лъикӏаб, гьуинаб гьоркьоблъи букӏинабиялдеги. Гьеб гуребдай гвангъараб мисал жакъасеб магӏарул гӏелалъе, жидерго лъималазе тарбия-лъай кьолаго, пайда босизе мустахӏикъаб. Гьеб буго кӏудияв имамасги гьесул наслуялъги нилъее тараб рухӏияб ирс!\nШамил имамасул лъималазул кагътал цӏалараб мехалда, кӏвар буссинабизе бачӏунеб буго гьезул лъабго хаслъиялде: мацӏалде, хӏасилалде ва хъвараб куц-къагӏидаялде.\nКагътазул мацӏ буго гӏажаибго бечедаб, камилаб, хъвалесул пикрабиги, мурадалги, рекӏел хӏалги, гьес абизе бокьараб жоги цӏалулесда рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏизабулеб. Гьаниб бихьизабизе ккола Шамил имамасул лъималазул гӏумруялда жаниб аслияблъун букӏанин цохӏого цо мацӏ – рахьдал, магӏарул мацӏ. Гьайгьай, гьезда лъикӏаб даражаялда лъалаан гӏараб мацӏги, амма гьезул рекӏелъги чорхолъги бессараб, гьез пикру-хӏисаб гьабулеб, гьезда дунял бичӏчӏизабулеб, сверухъ бугеб гӏумругун гьезул бухьен чӏезабулеб алатлъун букӏана гӏагараб калам. Гьединлъидалин гьезул кагътазулъ якъинго загьир гьабун букӏин бихьулеб бугеб абизе бокьарабги, бицун бугеб бихьа-таралъул хӏакъалъулъги, мухӏканго ричӏчӏизарун ругел пикрабиги рекӏел хӏалги.\nГьелдаго цадахъ, кагътал цӏалараб мехалда, бихьулеб буго гьезул автораз жидерго каламалда жанир батӏи-батӏиял – гӏараб, гӏурус, парс, турк – мацӏаздаса росарал рагӏабиги сверелалги хӏалтӏизарулел рукӏараблъи. Хасго гӏажаиблъизе бачӏунеб буго Гъазимухӏамадил каламалъулъ гӏурус ва турк рагӏаби рукӏин. Балагьараб мехалда, Россиялдаги Турциялдаги тӏамураб заманалда жаниб гьесие лъалеб асар гьабун буго гьел улкабазул мацӏазги культурабазги.\nШамил имамасул лъималазул кагътазулъ гьединго загьирлъун буго гьел хъвараб заманги, гьеб заманалда ккарал лъугьа-бахъиналги, гьел лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарал гӏадамазул къисматги, гьезул гьоркьорлъабиги, цогидабги. Жакъа нилъеда лъаларев гӏемерав магӏарул чиясул цӏарги, гьезул къисматаздаса хӏужабиги дандчӏвалел руго гьенир. Гьеб рахъалъ гьел кагътал ккола цӏакъ къиматал тарихиял асараллъунги.\nМагӏарул эпистолярияб жанралъул гвангъараб мисаллъун рикӏкӏине бегьула Шамил имамасул лъималазул кагътал хъвараб куцги, гьезул гӏуцӏиги, хатӏги. Масала, Гъазимухӏамадица Россиялда вугев вац Мухӏамадшапигӏихъе хъварал киналго кагътал байбихьулел руго гӏага-шагарго гьадин: «Хирияв вацасде Мухӏамадшапигӏихъе, ассаламу гӏалайкум», – илан. Гьес жиндир щибаб кагъат лъугӏизабулеб буго гьадинал рагӏабаздалъун: «Дунги пакъирав, дунго цохӏо хутӏарав Гъазимухӏамад», – илан. Гьеб чанго калимаялда жаниб загьирлъун бихьулеб буго гьев бахӏарчияв инсанас гъурбаталда тӏамизе ккараб апарагасул гӏумруялъул хаслъиги гьеб хаслъиялъ бижизабураб рекӏел хӏалги: Аллагьас хъвараб къадаралдаса ворчӏизе гьечӏеб ресги, рикӏкӏад хутӏараб гӏазизаб ватӏаналъухъ бугеб унтиги, рекӏелъе киданиги босичӏеб Россиялда тарав, къисматалъ тӏокӏалъ вихьизе хъвачӏев гьитӏинав вацасухъ бугеб хӏасратаб чӏалгӏенги.\n«Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб мажмугӏ ккола цӏакъ къадруяб, хӏажатаб басмалъун. Гьениб, аслияб материалалда цадахъ, кьун руго берцин къачӏарал, къиматал сураталги цо-цо чагӏазул хӏакъалъулъ мухӏканал баяналги. Гьеб тӏехьалъ бечед гьабизе буго кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ магӏарул мацӏалда бугеб адабият, цӏалулезе рагьизе буго Шамил имамасулги гьесул лъималазулги гӏумруялъул лъаларел тӏанчал. Гьелдаго цадахъ гьеб тӏехь ккола нилъер халкъалъул тарихалъул, гъазаваталъул рагъазул, Шамил имамасул хӏакъалъулъ хъвалезеги умумузул ирс ва гьезул бахӏарчияб къисмат хириялщиназеги пайдаяб ва багьа кӏудияб асарлъун.\nАхӏмад Муртазагӏалиев"}
{"slug": "333-depressiya-untijishch-yagi-modajishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=333-depressiya-untijishch-yagi-modajishch", "title": "Депрессия – унтийищ яги модайищ?", "date": "2017-09-04 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "XХӀ гӏасруялъул гӏузраби\nДепрессия – унтийищ яги модайищ?Цо къоялъ гьалмагъалъ бицана жий психотерапевтасухъе ун йикӏанин ва, жиндир къварилъабазухъги гӏенеккун, гьес абунин, тохтурасухъе ячӏине дагьалъги кватӏун йикӏарайани, психбольницаялде кколаанин мун. Ахираб заманалда гӏемер ургъел гьабиялъ, ракӏбакъваялъ, нервабазул унтуца унтун йигин бичӏчӏизабун буго гьелда тохтурас. Тӏамач цӏурал дарабиги ругоан хъван, гьел дараби гьаричӏони, нервабаз батӏи-батӏиял бакӏазде кьун захӏматал унтаби лъугьине бегьулинги абун буго. Гьеб лъугьа-бахъин ккезегӏан депрессия абураб жоялъул кӏварго гьабулароан. Амма цӏех-рех гьабидал баянлъана депрессиялъ цогидал захӏматалги унтаби тӏаде цӏалеблъи.\nДепрессия рикӏкӏуна XХӀ гӏасруялда бищунго тӏибитӏараб унтилъун. Кинаб букӏаниги къварилъи ккун, чорхол букӏунеб хӏалуцараб хӏалалда абула тохтурзабаз депрессияйин. Гьелъие гӏиллалъун букӏине бегьула гӏагарав чи хвей яги унти, хӏалтӏудаса нахъе къотӏи, рос-лъади ратӏалъи. Цо-цо мехалда депрессия лъугьуна кинаб бугониги унти сах гьабизе халатбахъун дараби гьекъолел ругониги.\nЦо-цояз депрессия унтилъун рикӏкӏунаро, чорхол хӏал ва хасият хиси кколин гьебилан тола. Гӏемерисез абула ракӏбакъвараб яги нерваби хвараб мехалда хӏалтӏи-ишалде руссине кколин, гьеб бугин кӏвахӏаллъиялъул хасият. Гӏиси-бикъинаб захӏмалъи сабаблъун ургъаликь рукӏине бегьуларинги абун, санго гьабуларо депрессиялъул. Амма дагьабго заманалдасан яги цо чанго соналдасан гьев чи захӏматго унтизе бегьула. Хадуб щибго бичӏчӏуларого рукӏуна цӏа гӏадав гӏолохъанчиясе щибдай ккарабилан, киданиги унтун йикӏинчӏей гӏолилалъул захӏматаб унти батун бугинги абун. Гьеб гӏаламат тохтурзабаз бухьинабула депрессиялда. Нервабазул унтуца бокьараб бакӏалде кьезе бегьулелъулха цогидаб унти.\nГьанже ссиялда буго бетӏер унтаниги, сунда букӏаниги ракӏбакъваниги жидер депрессия бугин абун зигарди. Амма медицинаялъул рахъалъ хӏисаб гьабуни, депрессия ккола гӏадан жинцаго живго чӏваялдецин вачунеб захӏматаб нервабазул унти. Лъиданиги кӏалъазе бокьуларо, кванил тӏагӏам бичӏчӏуларо, дунялалъул батӏи-батӏиял квегӏенлъабаздаса рохел бихьуларо. Гьедин дунялалдаса ракӏбуссин халатбахъунеб бугони, гьеб рикӏкӏуна депрессиялъун. Амма ракӏхвей, дунял рихиялъул асар анкьидаса, букӏинего букӏинчӏеб гӏадин тӏагӏунеб бугони, ялъуни цо кинаб букӏаниги лъикӏаб лъугьа-бахъиналъ рекӏел хӏал рукӏалиде бачӏинабулеб бугони, гьеб унтилъун рикӏкӏунаро. Депрессиялъ унтарав чиясул хасият чанго моцӏалъги халатбахъуна. Психотерапевтаз гьеб психикияб унтилъунги рикӏкӏунаро. Амма кверхьвагӏун, дару-сабаб гьабичӏого тани, гьелъ квешаб хӏасилалде рачиналда хӏинкъиги буго. Хасго балугълъиялде рахарал лъималазул депрессия бугони, жинцаго живго чӏваялъул пикраби рижизе бегьула.\nГӏемерисеб мехалда депрессия букӏин чӏезабизе кӏоларо, щайгурелъул нилъер гӏадамал психотерапевтасухъе сахлъиялъул халгьабизе къанагӏат гурони унарелъул. Психотерапевтасухъе ин цо-цояз ничаб жолъунцин рикӏкӏуна. Амма жиндир заманалда тӏатинабураб унтуе дару гьабизе бигьаяб букӏуна ва цогидал захӏматал унтабаздаса цӏунула. Масала, рас хӏулулеб бугин абун трихологасухъе унев вуго унтарав, амма кигӏан гьес дару гьабуниги унти сах гьабизе кӏолеб гьечӏо. Яги чехь-бакь, рукьбигун ччорбал унтун, черх загӏиплъун тохтурзабазухъе дару гьабизе хьвадула. Гьабунщинабги дарулъуларо, щайгурелъул гьел унтаби сундаса лъугьунел ругелали пикру гьабулеб гьечӏелъул тохтурасухъе иналде цебе. Депрессия лъугьине бегьула гӏумруялда жаниб цо нухалда, дандчӏвала чанго нухалда черх хӏалуцинабулеб гьеб унтуца кӏвекӏаралги. Аслияб къагӏидаялъ депрессия лъугьуна «ракӏ тӏеренал», гӏодобе биччараб хасияталъул, яги цӏакъго «ракӏ хехал» гӏадамазул.\nДепрессиялъул гӏаламаталлъун ккола: макьу тӏури, квен рихин яги цӏакъго цӏикӏкӏун кванай, чехь-бакьалъул хӏал хиси, тӏолабго черх загӏиплъи, кӏвахӏаллъи, ракӏ, кванирукъ яги ччорбал унти. Депрессия бугев чи кидаго ракӏбакъван, сундасаго ракӏбуссун вукӏуна. Гьезул рекӏелъ кидаго хӏинкъи букӏуна цо кинаб букӏаниги балагь ккелин абун. Гӏиси-бикъинабги жоялда ццим бахъуна, хехдарула, живго жиндаго рихуна, хӏалтӏизе бажаруларо, роцӏараб пикру гьабизе кӏоларо. Гьал рехсарал гӏаламатал кӏиго анкьидасаги тӏагӏунел гьечӏони, гьеб депрессиялъун рикӏкӏуна ва психотерапевтасул кумек хӏажалъула."}
{"slug": "334-khiak-ik-atalde-kh-valeb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=334-khiak-ik-atalde-kh-valeb-bugo", "title": "«Хӏакъикъаталде» хъвалеб буго…", "date": "2017-09-04 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Редакциялде рачӏуна жиде-жидер мурад загьир гьабурал гӏезегӏанго кагътал\nХунзахъ районалъул Шототӏа росулъа Мухӏамадов Зайнудиница жиндирго кагътида борхулеб буго нилъее киназего кӏвар бугеб репрессиялде ккарал дагъистаниязул хӏакъалъулъ суал. Гьес бихьизабулеб буго гьеб балагьалде ккун, гӏайибго гьечӏого туснахъалда лъун, гӏакъуба кьурал, тӏагӏинарурал нилъер ракьцоял ракӏалдещвей мурадалда данделъаби тӏоритӏизе ва, гьезул рухӏазе шапагӏат букӏине, гьел ракӏалдещвеялъе данделъаби, мавлидал гьаризе ккелилан.\nЛъалеб букӏахъе, 1930-1950 соназда Дагъистаналдаса репрессиялде ккун рачун ана 14 азарго, гьездасан политикияб гӏиллаялдалъун 7500 чи. Гьединал тадбирал республикаялъул районазда, шагьаразда гьарулелги руго. Нилъеда лъала, 1991 соналда букӏараб Дагъистаналъул халкъиял депутатазул III съездалда Советияб пачалихъалъ жиндир заманалда гьеб рахъалъ гьарурал хӏукмаби кьучӏдасанго мекъал рукӏин рихьизаруна ва репрессиялде ккарал гӏадамал ритӏухъаллъунги гьаруна. Амма гӏей гьабичӏого, гьеб ишалдехун цӏикӏкӏараб бербалагьи гьабизе нилъеда тӏадаб буго, хасго росабалъ, районазда ва шагьаразда.\nХасавюрт районалъул Сивухъ росулъ гӏумру гьабун вугев Гӏусманов Шапица редакциялде хъвалеб буго гьеб росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел соназ Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутатлъун йищун йикӏарай Мухӏамадова Эбсилатил гӏумруялъул хӏакъалъулъ баянал ралагьизе кумек гьабеян. Редакциялъ гьеб кагъат битӏун ана Дагъистаналъул централияб архивалде. Божилъи буго архивалъул хӏалтӏухъабаз кагътил авторасе ва нижее жаваб кьелин.\nКазбек районалъул Гуни росулъа Хӏасанова Мариятица «Гуни росдал жакъасеб гӏумру» абураб цӏаралда нижехъе бачӏараб кагътида хъвалеб буго ахирал соназда росулъ кколел ругел лъикӏал хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Россиялъул Бахӏарчи Арзулум Ильясовасул, росулъа рахъарал анцӏ-анцӏ гӏалимзабазул мисалалда, росдал лъималазул ахалдасан байбихьун, гӏолеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьун, бахӏарчиял, лъай бугел гӏолилал куцаялде кӏудияб кӏвар кьолеб бугилан хъвалеб буго гьелъ. Росулъ лъикӏлъун буго гӏадлу-низам, гӏезегӏанго хӏалтӏи гьабулеб буго нухал къачӏаялда тӏадги, жигар бахъулеб буго росдал диниял ва культурияб рукъалъул хӏалтӏухъабазги.\nРедакциялде жегиги рачӏунел руго «Ахӏулгохӏ» музей рагьи лъикӏаблъун рикӏкӏун. Магӏарухъ «Ахӏулгохӏ» абураб мемориалияб комплекс баралъухъ республикаялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповасе кӏудияб баркалаги загьир гьабун, кагъат бачӏун буго Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун вугев захӏматалъул ветеран, журналист Гӏиса Хӏасановас. Гьеб кколин Дагъистаналъул халкъазул щулияб гьудуллъиялъул ва хӏинкъи гьечӏолъиялъул мисаллъунин, — ян хъвалеб буго гьес.\nХунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа Расулова Шагьзанатица редакциялде бачӏараб лъабго кагътида кӏвар буссинабулеб буго ахираб заманалда гӏадамал цоял хӏатталдаса ун бечелъулел, цогидал цӏакъго мискинлъулел рукӏиналде. Хӏакъикъаталдаги, гьеб буго лъикӏаб гуреб хӏужа, гьединаб бакӏалда халкъазул цолъиги цоцада ричӏчӏиги дагь букӏуна. Авторалъ жиндирго «Демократазул эркенлъи» абун цӏар тараб кочӏолъ какулеб буго улка бикъулезул къабихӏаб иш ва ракӏунтун бицунеб буго сахлъи цӏуниялъул рахъалъ республикаялда ругел гӏунгутӏабазулги гӏолилазе хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъиялъулги хӏакъалъулъ.\nРоссиялъул Журналистазул союзалъул член Шамил Мухӏидиновас «Свак лъачӏого, къокъа поэзиялъул нухде» абураб бетӏералда гъоркь бачӏараб макъалаялда бицунеб буго Хьаргаби районалъул Могьохъ росулъа Умарагьи Салихӏовалъул кучӏдузул хӏакъалъулъ. Авторас кӏудияб къимат кьолеб буго Умарагьил творчествоялъе, рагьулел руго гьелъул кечӏ хъвазе бугеб махщалил цӏиял рахъал, росу ва росдал гӏадатал цӏунизе ккеялъул рахъалъ гьелъул пикраби.\nКазбек районалъул Калининаул росулъа гӏумруялъул 80 соналде вахарав Идрисов Гӏалиасхӏабица редакциялде хъвалеб буго жиндир хварав васасул вас кӏудияб налъукье ккун вукӏиналда бан, гьев хӏалтӏи балагьизе росу тун къватӏиве ине ккеялъул ва рес бугезда кумек гьарулеб буго. Тӏубанго гьеб кагъат нижеца кьолеб гьечӏо. Рес бугез гьединаб, къоккараб бакӏалде кумек гьабуни бегьилаан.\nРедакциялъул рахъалдаса:\nРедакциялъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб буго газеталде рачӏарал кагътазул, макъалабазул авторазе. Бихьулеб буго ругел гӏунгутӏабазда гьел рази гьечӏолъи ва гьел тӏагӏинариялъулъ жалгоги гӏахьаллъизе хӏадур рукӏин. Киналго кагътал газеталда кьезе рес букӏунарелъул, къокъгогӏаги гьезул хӏакъалъулъ рехсей гьабулеб буго.\nБокьилаан нужерго пикраби рицун нижехъе хадурккунги хъвадарани. Ва гьарула нужее творчествоялъулъ бергьенлъабиги щулияб сахлъиги."}
{"slug": "335-gurzhiyazul-kh-vadarukh-an-ilya-chavchavadze-gavuraldasa-180-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=335-gurzhiyazul-kh-vadarukh-an-ilya-chavchavadze-gavuraldasa-180-son-tiubayalde", "title": "Гуржиязул хъвадарухъан Илья Чавчавадзе гьавуралдаса 180 сон тӏубаялде", "date": "2017-09-04 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "«Хӏасратаб алжаналде ине цӏакъ бокьун буго…»\nИсана 180 сон тӏубала цӏар рагӏарав гуржиязул жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадарухъан, шагӏир ва публицист Илья Григорьевич Чавчавадзе гьавуралдаса. 1857–1861 соназда гьев цӏалулев вукӏана Санкт-Петербургалъул университеталъул юридикияб факультеталда. Ункъабилеб курсалда вугев чи гьев гьениса нахъе гьавуна, студентазул багъа-бачариязулъ гӏахьаллъи гьабунин абун ва тӏадвуссана Гуржистаналде. 1864–1868 соназда Чавчавадзе вукӏана Типлис губерниялъул Душети уездалъул сулхӏалъул гьоркьохъанлъун, хадув, 1874 соналде щвезегӏан, гьебго уездалда сулхӏалъулав судиявлъун. Гьебго заманалда гьес цебехъанлъи гьабулеб букӏана гуржи халкъалда гьоркьоб лъай тӏибитӏизабиялъул жамагӏаталъеги. 1906 соналъул 7 апрелалда дворяназул жамагӏатазул рахъалдасан Илья Чавчавадзе вищун вукӏана Россиялъул империялъул Пачалихъияб советалъул вакиллъун.\n1907 соналъул 30 августалда Илья жиндирго лъади Ольгагун цадахъ рагьараб гьакидаги рекӏун, инев вукӏана Типлисалдаса Сагурамоялде. Цицамури абураб росдада аскӏоб гьезие гъоркьчӏел гьабун батана Гигли Бербичашвили абурав хъачагъасул яргъид гӏуцӏараб къокъа. Хъачагъаз гьоко чӏезабураб мехалда, Ильяца, тӏадеги вахъун, гьезда абунила : «Дун Илья вуго, речӏчӏуге», – ян. «Мун Илья вукӏиналъха нижеца речӏчӏизе кколеб», – ан жаваб кьола Гиглица. Гьедин лъугӏана Гуржистаналъул гьайбатав вас, кӏудияв шагӏир ва хъвадарухъан Илья Чавчавадзел гӏумру. Гьесул хоб буго Типлисалда Мтацминда абураб машгьурал гуржиял рукъулеб пантионалда.\nГьитӏинго бижула Илья Чавчавадзелъ тӏахьазде рокьи, лъазабула кӏалзулаб халкъияб гьунаралъул, миллиял адабияталъул асарал, байбихьана хъвадаризе. Жеги 1857 соналдаго «Цискари» («Гвангъи») абураб журналалда Чавчавадзеца бахъана чанго гьитӏинаб кечӏ. Хадур гьесул асарал рахъулаан «Дроэба» абураб газеталдаги, «Кребули» абураб мажмугӏалдаги, жинцаго гӏуцӏарал «Сакартвелос Моамбе» («Гуржистаналъул илчи») ва «Иверия» абурал журналаздаги. 25 соналъ Чавчавадзеца нухмалъи гьабураб «Иверия» журналалда 1895–1896 соназда бахъун букӏана Сосо абурав шагӏирасул анкьго кечӏ. Гьеб тӏокӏцӏаралда гъоркь хъвадарулаан Динияб семинариялъул цӏалдохъанлъун вукӏарав Сталин.\nУнго-унгоги Илья Чавчавадзел адабияб хӏаракат байбихьула Петербургалъул университеталда цӏалулев вукӏарал соназда. Гьеб заманалда гьес хъвана «Гуржи улбул», «Гурди студентазул кечӏ», «Муша», «Шагӏир», «Виччанте дун хвезе, дун хвалдаса хӏинкъуларо» абурал ва цогидалги лирикиял кучӏдул. Гьеб мехалдайин Чавчавадзеца гуржи мацӏалде руссинарурал гӏурус ва Европаялъул авторазул асарал: А. Пушкинил, М. Лермонтовасул, И. Гётел, И. Шиллерил, Г. Гейнел, Д. Байронил, В. Скоттил, А. Шельел ва цогидазулги.\nЗама-заманалда гуржи газетазул гьурмазда раккулел рукӏарал жиндирго макъалабазда Чавчавадзеца цӏунулеб букӏана гуржи мацӏалъул, миллияб адабияталъул ва школалъул ихтияр, цевевахъунев вукӏана Гуржистаналда билълъанхъизабулеб букӏараб гӏурус хӏукуматалъул колониалияб политикаялде данде. Гьесул макъалабазул кӏудияб къадар сайгъат гьабураб буго адабияталъул, сангӏаталъул, халкъияб лъайкьеялъул, педагогикаялъул, халкъазда гьоркьосеб политикаялъул, социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул ва миллияб культураялъул суалазе («Гуржи адабияталъул хӏакъалъулъ кагъат», «Акакий Церетели ва «Цӏиркъил цӏакилъ багьадур»», «Миллат ва тарих», «Педагогикаялъул кьучӏал» ва ц.).\nИлья Чавчавадзел лирикаялъулъ аслияб бакӏ ккола ватӏаналде, халкъалде бугеб рокьуца. Халкъалъе хъулухъ гьабиялъулъ бихьулеб буго гьесда шагӏирасул гӏамалалъун ккураб пиша. Гьесул «программиял» шигӏрабазулъ шагӏир дандекколев вуго бецӏлъиялда жаниб халкъалъе канлъи кьолеб гӏоркьидачирахъалде («Шагӏир»). Гьес гӏемерго гӏатӏид гьаруна гуржи поэзиялъул тематикиял гӏорхъаби, гьенире жанире патриотикиял ва ватӏанчилъиялъулал пикрабиги рачун («Гуржи студентазул кечӏ», «»Кинидулаб», «Хирияб ватӏан»). Чавчавадзел лирикиял асаразул аслияб къадар сайгъат гьабураб буго социалиял ва патриотикиял пикрабигун цолъизарурал гӏагараб тӏабигӏаталъул суратал рихьизариялъе («Къварелиялъул мугӏрузе», «Гъурбаталда», «Кураялъул рагӏалда», «Алазаналде»). «Къварелиялъул мугӏрузе» абураб кочӏолъ авторас бихьизабулеб буго Ватӏаналде, гьелъул гӏадамазде бугеб жиндирго хӏасратаб рокьи, гвангъун ва гъваридго рагьулел руго захӏмат хириял гьелъул гӏадамазул сипатал. Шагӏирасул сатирикиял кучӏдузулъ («Кин букӏараб ялъуни ХӀX гӏасруялъул Гуржистаналъул тарих», «Жавабалъе жаваб» ва ц.) какулеб буго аполитикияб, кӏигьумерчилъиялъулаб, ватӏаналъул ургъел гьечӏеб, гьелдехун мугъ рехараб гуржи дворянлъиялъул цо бутӏа. Илья Чавчавадзел поэмаби («Хъачагъазул гӏумруялдаса эпизодал», «Янгъизав» ва ц.) рикӏкӏуна ХӀX гӏасруялъул гуржи эпикияб поэмаялъул бищунго лъикӏал мисалазул цояллъун. Гьенир авторас жиндир заманалъул суалазда цадахъ рорхулел руго тарихиял темабиги. Чавчавадзе рикӏкӏуна гуржи реалистикияб художествияб прозаялъе кьучӏ лъурав хъвадарухъанлъунги («Сапарчиясул хъвай-хъвагӏай», «Гьев инсангӏаги вугодай?!», «Гьардухъанасул хабар», «Отарил къоролай»).\nИлья Чавчавадзел асараз кьучӏ лъуна цӏияб гуржи адабияталъе. Гьесул асарал руссинарун руго дунялалъул гӏемерал мацӏазде, гьезда гьоркьор Гӏадало Гӏалиевас магӏарулалдеги.\nКура гӏорул рагӏалда\nГьале нахъосаги согӏаб Кура гӏор\nЦцидалъ унеб буго дида цебесан,\nГьелъул бубуялъулъ бихьула дида\nДирго ватӏаналъул зобалазул сас…\nНахъоги рещтӏана рекӏелъе чӏалгӏен,\nБорчӏана некӏсияб ургъел каранда.\nХӏабургъун гьулчулел карачалабаз\nБачун унеб гӏадин, инагьдана гьеб.\nГьале щакдарабаз буго гӏадалнах\nНахъоги чӏинтӏулеб, тӏадеги раччун.\nБасриял ругъналги руго ссудилел,\nУгьдулеб каранда нахъоги цӏилъун.\nДир араб чӏаголъи чӏван лъураб гӏадин,\nДун гӏарзалда вуго карачелазда…\nОгь, гьайбатаб заман! Ана мун тӏаса,\nТӏокӏаб буссинаро мун дир рекӏелъе.\nНус-нус соназ эхей унеб гьаб гӏоралъ\nХӏурлъун биххизабун тӏагӏун ана мун!\nКура гӏор, Кура гӏор, гӏолел наслабаз\nГӏинтӏамеян абе дир угьдиялъухъ!\nШагӏир\nДун хӏинчӏ гуро, гьудул, гьадинго дийго\nДица киданиги кечӏ ахӏуларо.\nКопое рачунеб беричал бакънал\nБакъул дунялалда дий бегьуларо.\nГьайбатал зобаз дун вищула тӏаса,\nТӏамула жиндирлъун лъугьине халкъалъ.\nХадуб миллат цӏазе, цӏвалъун гвангъизе,\nГаргадула даим дун лъов Аллагьгун.\nГьесул кагьруялъул кутакаб цӏаялъ\nКерен боркьулареб кьоларо дий къо.\nКъваридаб мехалъги рохелазулъги\nХалкъалдаса тӏураб тӏамуларо гӏуж.\nГӏадамазул ругъун – гьеле дир ругъун,\nГьезул гӏакъубабаз къакъала дир рухӏ.\nКъвакӏараб ракӏалъул бакӏал ургъелал\nРукӏуна халкъалъул къисматгун цолъун.\nГьединлъидал, гӏодоб ракьалде лъугьун,\nБоркьула дир рекӏелъ зобалазул цӏа.\nВа гьеб мехалъ кочӏол квербацӏцӏалъ дица\nБацӏцӏуна халкъалъул бадиса магӏу.\nГьумер хӏадур гьабуна\nАхӏмад Муртазагӏалиевас."}
{"slug": "340-rossiyaldasa-uchitelzabi-tazhikistanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=340-rossiyaldasa-uchitelzabi-tazhikistanalda", "title": "Россиялдаса учительзаби — Тажикистаналда", "date": "2017-09-04 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гьезда гьоркьой йиго Дагъистаналдаса анкьго учительницаги\nСовет Союз биххаралдаса нахъе исана тӏоцебесеб нухалда унев вуго Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса лъеберго учитель Тажикистаналде хӏалтӏизе гӏурус мацӏалда дарсал кьезе. Дагъистаналдаса, Башкириялдаса, Татарстаналдаса, Кемерово ва Кострома областаздаса учительзабаз кьезе руго гӏурус мацӏалъул, математикаялъул, химиялъул, физикаялъул дарсал. Гьединал шартӏал Тажикистаналъул лъималазе чӏезарун руго Россиялъулги Тажикистаналъулги цадахъаб проекталда рекъон. Гьабсагӏаталда учительзаби данделъун руго Москваялда.\nГьениб хасал курсазда гьезда малъизе буго Тажикистаналъул гӏадаталги маданиятги. Дагъистаналдаса Тажикистаналде унев вуго анкьго учитель. Гьел киналго руго руччаби. Ине бокьарал гӏемер рукӏана. Гьезул къадар бахун букӏана 300-ялде. Тӏоцебесеб нухалда гьезда гьоркьоса вищана 70 учитель. Гара-чӏвариялдаса хадуб вищана анкьгояв. Щиб мурадха бугеб гьел учительзабазул, ватӏаналдаса рикӏкӏадеги ун, учительзабилъун хӏалтӏизе? Тӏоцебесеб иргаялда, доба кьезе бугеб харж гьаниб щолелдаса цӏикӏкӏараб букӏин. Гьеб битӏарабги буго. Тажикистаналъ учительзабазе кьезе буго моцӏрое анцӏила ункъазарго гъуруш. Щивав учителасе моцӏрое лъабкъоаза-азар гъуруш кьезе буго Россиялъул Лъайкьеялъул министерствоялъги.\nПатӏимат Сагӏидова 15 соналъ хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул школалда учительлъун. Гьелъие моцӏрое щолаан 18 азарго гъуруш.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, дица пикру гьабуна щвезе бугеб харжалъул. Гьединго бокьун буго хӏалтӏулеб бакӏ хисизе, батӏияб пачалихъалда хӏалтӏизе. Захӏмат буго, хъизанги тун ине. Гьенир хӏалтӏизе лъикӏал шартӏалги ратани, кинабго дие бокьухъе лъикӏги ккани, гьениве хӏалтӏизе дир росги вачӏине вуго. Гьев ккола физкультураялъул учитель, — илан бицана Патӏиматица.\nРоссиялъул Лъайкьеялъул министерствоялда абуна проекталда рекъон гьабулеб хӏалтӏи битӏун ккани, учительзабазул кӏиабилеб къокъаги ине бугин Тажикистаналдейилан. Гьезул къадар тӏоцебесеб къокъаялъулалдаса цӏикӏкӏараб букӏине буго. Гӏурус мацӏалда дарсал кьун бажарулел учительзаби цӏакъго дагьал руго Тажикистаналда.\n— Дун разияй йиго церелъурал шартӏаздаса — цӏикӏкӏараб харж, гӏумру гьабизе лъикӏаб квартира, Душанбеялъул лицеязда бокьулеб хӏалтӏи, — йилан бицана Дагъистаналдаса гӏурус мацӏалъул учительница Загьра Асваровалъ.\nГьеб киналъулго бицунаго, Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр Шагьгӏабас Шагьовас абуна:\n— Гьайгьай, Дагъистаналдаса учительзаби Тажикистаналде хӏалтӏизе иналъе гӏиллалъун, тӏоцебесеб иргаялда, ккола доба кьезе бугеб мухь. Учительзаби разиял гьечӏо жидее республикаялда щолеб харжалдаса. Амма гьеб аслияблъун цониги учителас рикӏкӏунеб гьечӏо. Аслияблъун буго учителасе жиндирго хӏалтӏи бокьи, — йилан.\nЦӏияб цӏалул соналде Россиялъ Тажикистаналъул школазе сайгъат гьабизе буго къого тонна цӏалул тӏахьазул ва пособиязул. Гьеб кинабго кьезе букӏиналъул гьабураб къотӏи-къайги буго. Гьелда гъоркь гъолбасана РФялъул Федерациялъул Советалъул бетӏер Валентина Матвиенкоца. Гьединго Россиялъ Тажикистаналда базе буго гӏурус мацӏалда дарсал кьолеб къого школаги.\nХӏакъикъаталдаги, материалияб рахъалъ мискинав учителасда кинха абилеб хӏалтӏейилан. Амма Дагъистаналъул учительзаби, жидее щолеб мухьдахъ балагьичӏого, кӏвахӏ тун, гӏетӏ тӏун хӏалтӏулел руго. Гьеб дида цӏакъго бихьана Гъуниб тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул учительзабазул слеталдаги. Ахӏулеб кечӏги, бухулеб къалиги, кьурдулел учительзабиги. Щвечӏел харжазул ургъелгицин букӏинчӏо. Гьединал учительзаби школазда ккун руго гӏицӏго махщалиде бугеб рокьиялъги гӏищкъуялъги. Дица дирго гьалмагъалда, Махӏачхъалаялъул цо школалъул учительницаялда гьикъана Тажикистаналде ине бокьиланищилан. Гьелъ жаваб кьуна бокьилаанин.\n— Дие дирго хӏалтӏи кутакалда бокьула. Амма, лъимал кӏудиял гӏунагӏан, гӏолеб жо гӏарацги батичӏо. Дора харжал лъикӏал ругоха. Хӏалбихьизе бокьилаан, — ин абуна гьелъ.\nДиеги, масала, бокьилаан. Рес бугони, щай бегьулареб. Ватӏаналда хӏалтӏун лъагӏалие щолеб буго, моцӏалъе анцӏила щуазарго гъуршил хӏисаб гьабуни, кӏинусазарго гъуруш. Добайин абуни, миллионалде гӏагарун…\nДир хӏисабалда, лъикӏ хӏалтӏизе ккани, учителасул материалияб рахъ щулияб букӏине ккола. Гӏарац гӏолеб гьечӏони, бизнесалде айилан абураб жоялъги лъиениги бигьалъи гьабуларо. Киназулго гуро бугеб махщел бизнес гьабизеги. Гьеб гьабизеги кколароан, гьабураб хӏалтӏуда рекъараб гӏарац учителасе щолеб букӏарабани. Дица гара-чӏвари гьабурал учительзабазул гӏемерисез гьенире инаанилан абуна, гӏисинал лъимал ругел гӏолохъанал учительзабаз хутӏизегӏан. Гьелгицин инаан, лъимал цадахъ рачине рес бугебани. Дир пикруялда, ватӏан рихин гуро гьеб, гьелъул гӏаксалда, гӏагараб ватӏаналдеги, вижараб ракьалдеги, тӏасабищараб махщалидеги ритӏухъаллъун рукӏиналъ школазда жеги хутӏун ругел учительзабиги ккола жакъасеб заманалъул багьадурзаби.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "353-bitsine-necharab-daru-gabichiogo-chara-gechieb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=353-bitsine-necharab-daru-gabichiogo-chara-gechieb", "title": "Бицине нечараб, дару гьабичӏого чара гьечӏеб", "date": "2017-09-08 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Дагъистаналдаса нацӏил унти Крымалде щвана\nАхираб заманалда баккун буго цебего кӏочон тун букӏараб унти – нацӏал рай. Медицинаялда гьелда абула педикулезилан. Исана анкьго моцӏида жаниб республикаялда гьеб унти бугел цӏикӏкӏана 21 проценталъ. 2017 соналъул тӏоцебесеб бащдаб лъагӏалида жаниб 186 чи вачӏана медицинаялъул идарабазде гьеб унтигун. Амма Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул баяналда рекъон, унго-унгоги гьеб унти бугезул къадар анцӏ-анцӏ нухалда цӏикӏкӏун буго. Киналго гурелъул гьелъул хӏакъалъулъ бицун тохтурасухъе рачӏунел. Гӏемерисез гьеб бахчулеб буго. Арал соназда букӏараб хӏасилалда рекъон бихьулеб буго гьеб унтуде данде къеркьолел гьечӏолъи ва кӏвар гьабичӏого тун букӏин.\n2015 соналда педикулез унти 240 чиясде бахун батун букӏана, 2016 соналда – 271 чиясде.\nСпециалистазул баяназда рекъон, гьеб унти бахаразул ригь 15-24 сон буго. Нацӏал рахаразда гьоркьор кӏиабилеб бакӏалда руго ясли-ахазде ва школалде хьвадулел лъимал, лъабабилеб бакӏалда — 35-50 сон барал гӏадамал.\nЭкспертаз абулеб буго, педикулезалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏун батулеб бугин ресукъал гӏадамаз гӏумру гьабун бугел, гьединго мискинлъи ва чороклъи бугел бакӏазда. Нацӏал рай бахчун тезе бегьулеб жо гуро, гьелъие дару гьабичӏони цогидаб захӏматаб унтуде буссине бегьула гьеб. Нацӏаздаса гӏадамазде цӏадул унти бахине бегьула.\nНилъер гӏадамазул гӏадат буго лъималазул ахалдаса, школалдаса яги риидалил хӏухьбахъиялъул лагералдаса гьеб унти лъималазде бахун бачӏани, тохтурасдаса гьеб хӏужа балъго гьабулеб. Школалде яги лъималазул ахазде ритӏулел руго гьеб унти букӏинги бахчун. Гьелъул хӏасилалда нацӏ баралги цӏикӏкӏунел руго.\nРеспубликаялда педикулез унтиялъул ахӏвал-хӏал лъикӏ ва гьелъие дару гьабулеб гьечӏеблъи тӏатана исана март моцӏалда Крым Республикаялда бугеб «Артек» халкъалда гьоркьосеб лъималазул лагералда халгьабидал. Лагералда хӏалтӏулел специалистаз халгьабидал, Дагъистаналдаса лъималазда нацӏал ратана. Гьеб мехалдаго Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъ 6.3 статьяялда рекъон санитариябгун эпидемиялъулаб низам хвезабуралъухъ протокол гьабун букӏана Махӏачхъалаялъул, Гъизляралъул ва Дахадаев районалъул тохтурзабазда тӏад. Педикулез унти гьечӏин абун гьересиял справкаби кьун ратана тохтурзабаз лагералде ритӏулел лъималазе. Гӏакӏа къотӏана гьел тохтурзаби хӏалтӏулел рукӏарал медицинаялъул гӏуцӏабаздеги. Амма гьелдалъун педикулезалдаса гӏадамал цӏуниялъе гьабизе кколеб хӏалтӏиги лъугӏизе тараб къагӏидаха, гьелдаса хадубги унтаразул къадар цӏикӏкӏун гурони дагьлъичӏелъул.\nПедикулезалдаса цӏуни\nСахлъицӏуниялъул тӏолгодунялалъулаб гӏуцӏиялъул баяназда рекъон, педикулез унти бахине рес буго бокьарав чиясде. РФялда педикулез унти бахиналъул хӏужаби дагьлъулел гьечӏо. Улкаялдаго 300 азарго чиясде бахун буго нацӏазул унти.\nПедикулез ккола инсанасул ботӏроде нацӏ баялдалъун тӏом унти. Аслияб къагӏидаялда нацӏ бала рацӏцӏалъи цӏунулеб гьечӏони, амма цӏех-рехазул хӏасилалда лъазе кӏвана нацӏазе бацӏцӏадаб ва цӏвакараб рас бокьулеб букӏин ва лъадалъги гьел эркенго лъедолел рукӏин. Цо чиясдаса цогидасде нацӏ бахине бегьула аскӏор эхетун чӏун ругоницин. Унти бахине рес буго цӏалул идарабазда, жамгӏияб транспорталда, тукада ва хӏамамалъубгицин. Гьединго нацӏ бахине бегьула педикулез бугев чи вегун вукӏараб къандалъоялдасаги.\nСпециалистазул цӏех-рехазда рекъон, ботӏрол расалда гурелги, ратӏлил сукӏалабаздаги рукӏунел руго нацӏал. Нацӏалъ инсанасул чорхолъа би цӏцӏун гӏумру гьабула, расуда ва ратӏлил сукӏалабазда ханал лъола. Гьел тӏагӏинаризе жиндир заманалда дару гьабичӏони, нацӏаздаса инсанасде бахине бегьула цӏа-каналъул унти ва сири бай. Кӏудияб нацӏ чӏаго хутӏула 27-30 къоялъ. Цо нацӏица къойида жаниб инсанасул расуда 3-7 хоно лъола. Нацӏица лъурал ханазул тӏипаби лъугьуна 5-9 къоялда жаниб, гьел кӏудиял гӏола 15-17 къоялда жанир. Нацӏаз хӏанчӏараб тӏомода хьверд лъугьуна ва гьелдалъун бактериязул инфекция бахинеги рес буго.\nТохтурасул малъа-хъваял\nНацӏал рахинаредухъ, тӏоцебесеб иргаялда, лъимадул рацӏцӏалъи цӏуниялда тӏадчӏезе, щибаб къойил бетӏер хазе ккола. Чияр гьоркьо, заколкаби, рас бухьунел жал, кӏаз ва цогидалги алатал хӏалтӏизаризе бегьуларин гьоркьоса къотӏичӏого малъизе ккола лъималаздаги. Риидалил лагераздаса лъимал руссун хадуб, гьезухъ лъикӏ халгьабизе ккола. Гьединго зама-заманалдаса халгьабизе ккола школалде яги лъималазул ахикье хьвадулел лъималазулги.\nНагагь лъимадул ботӏрода нацӏ батани, нахъбахъичӏого аптекаялдаса нацӏал хвезарулеб дару босизе ккола. Лъимадул соназухъ балагьун дару батӏи-батӏияб букӏуна. Нацӏал хвезарулеб мазь яги спрей бахуна расуда ва заманалдаса лъималазул сапун яги шампуньги бахун бетӏер чурула. Хадуб гӏисинал магӏал ругеб гьаркьица бетӏер хазе ккола. Лъимадул ретӏел ва бусадул къайи бухӏараб лъеца чурила ва иту бахъила. Амма гьелдаса хадубги педикулез тӏагӏинчӏого букӏинеги рес буго. Гьединлъидал лъимадул ботӏрол расалъул цоги нухалдаги халгьабизе ккола анцӏго къоялдасан."}
{"slug": "354-tsiadasa-khiamzat-gavuraldasa-140-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=354-tsiadasa-khiamzat-gavuraldasa-140-son", "title": "Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса – 140 сон", "date": "2017-09-08 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Салам, Жамбул\n1939 соналда Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгосоюзалъул росдал магӏишаталъул выставкаялде делегатлъун витӏун вукӏун вуго Цӏадаса Хӏамзат. Делегатазе бетӏерлъи гьабулеб букӏун буго Хашаев Хӏажимурадица. Гьелъул хӏакъалъулъ хадуса бицана выставкаялда делегатлъун вукӏарав Хунзахъ Сталинил цӏаралда букӏараб колхозалъул колхозчи, цевесев илхъичи Мухӏамадов Мухӏудадаца. (Гьесда росдал гӏадамаз Атахӏин абула).\nХӏамзатие бокьулеб букӏун буго батӏи-батӏиял павильоназде щвезе, гьес щибалъе кьолеб букӏун буго тӏадегӏанаб къимат ва жиндиего хъвай-хъвагӏайги гьабулеб букӏун буго.\n– Бихьуларищ, Атахӏ, дуда улкаялъул гуч, гьелъ гъурал меседил куркьбаз рещтӏинабун буго гьаб бечелъи нилъер тахшагьаралда, макьилъцин букӏине рес гьечӏо гьадинаб хӏалкӏолъи. Гьале, гьудул, доб алжан. Рилълъа гьаниса нахъе, цощина берцин ккезе гурин гуржиязда, – ян велъун вуго шагӏир.\n– Рилълъа, илхъичи, гӏемерал гӏадамал данделъараб бакӏ бихьулин доба, щиб лъалеб, гьадинабго бакъул дунял добаги батизе бегьула, – ян дун Хӏамзатица кваранаб рахъалде сверизавуна.\nГьенивехунго валагьун вачӏунев вугоан кутакалда къачӏарав щуго гӏолохъанчи. Гьез хӏурматалда гьоркьов вазавун вачӏунев вугоан нилъалда мегеж тарав цо херав чиги. Рикьа-риххизе гӏолохъабиги гьарун, аскӏовеги вачӏун, магжилас Хӏамзатида къвал бана.\n– Саламалейкум, Хӏамзат!\n– Вагӏалайкум салам, Жамбул! – ан Хӏамзатги гьесда хурхана.\nЛъарагӏ чӏван, гӏурус чӏван, магӏарул мацӏ чӏван, гьел гӏемераб мехалъ хабар-кӏалалда рукӏун руго, гьезда гӏажаиблъи гьабун аскӏор ругелги рукӏанила. Казахазул, шагӏирас къвалги бан, Хӏамзат горсверулъа нахъе вачун ана, хадур нижги ана. Жамбулица Хӏамзатида бичӏчӏизабуна жалго цо бакӏалде ине кколел рукӏин ва къаси данделъилин. Гьеб къоялъул къаси Жамбулица дагъистаниял жиндихъего гьоболлъухъ ахӏун руго. Хашаев Хӏажимурадил кумекалдалъун шагӏирзаби цоцада ричӏчӏун руго ва рохалилаб ахӏвал-хӏалалда жидерго кучӏдул цӏалун руго. Хӏамзатица жинде гьабураб кечӏ цӏалигун, Жамбул Жабаев вохун вуго ва гьеб бакӏалдаго гьес Хӏамзатидеги гьабун буго кечӏ.\n– Жакъа кино бахъизе бугилан абулеб буго, киналниги гьунарчагӏи майданалде рахъине рагӏула, бицен буго гьенире кӏудиял хӏакимзабиги, хъвадарухъабиги, цогидалги рачӏине ругин, – абуна Хашаев Хӏажимурадица. – Кьурдизе лъачӏониги, квералги гӏебеде ритӏун, ххвелал гьаризегӏаги лъаларев чи магӏарулазул вукӏунаро, бох гьечӏониги, гьеб дихъаги бажарула, тӏад бугеб ратӏлица рахъинарула нилъер кьурдухъаби, бажарараб жо гьабизе ккелаха.\n– Дагьа-дагьабниги гьарс бачине нижедаги лъазе бегьула. Хӏажимурад, дуца кумек гьабеха лезгинка ва цогидал, нилъеего данде кколел бакънал рачинаризе, – ян гьиманин Хӏамзатин бицана Атахӏица.\nГьеб данделъиялда кьурдизе вахъана Хӏамзат. Шагӏирасде данде кьурдизе яхъана цо берцинай, данде кколеб ретӏел ретӏарай яс. Хӏамзат кьурдизе цӏакъав вукӏана. Гьесда гӏадин къаркъала кквезе кӏолев кьурдухъан ватизе къанагӏатаб жо букӏана. Гьев кьурдулаан гӏодове виччан ва свакалароан. Кинав вугониги кьурдухъанасе рокьи кьолей яс дандияйги йикӏинчӏо. Кьурдун вахъана Хӏамзат. Халкъалъ кутакалда хъатчӏвана, Москваялъул ясаз шагӏирасе кьуна тӏугьдул. Нахъаса къотӏи гьечӏеб хъатил гьаркьаз шагӏир цоги нухалъ кьурдизе ахӏулев вукӏана. Тӏадеги вахъун, халкъалъе баркалаги кьолаго, гьес дун цеве рехана. Диеги мусудуз гӏемерал тӏугьдул кьуна.\n– Мухӏудада, диде данде кьурдулей йикӏарай ясалъул сипат-сурат лъалищ дуда? – ян цӏехана Хӏамзатица.\n– Лъала, Хӏамзат.\n– Дуралъулго лъалищ?\n– Цӏакъ лъала, Хӏамзат.\n– Гьедин батани, гьаб кӏиябго тӏогьол гул кӏияйго ясалъе кьезе а, – ян абуна Хӏамзатица. Дица гьесул мурад тӏубазабуна. Ясаз баркала кьуна нижее.\nВыставкаялъул ахирисеб къоялъ Хашаевас нижее ихтияр кьуна Москва шагьаралда тира-сверизе ине. Нижеда тӏад букӏана гӏадатияб ретӏел. Цо чӏухӏараб къотӏносан унаго, къан гъежги ккун, дун лъалхъизавуна Хӏамзатица.\n– Гьаб къватӏ бугин ккола дида доб, – ан абуна гьес.\n– Кинаб къватӏ, Хӏамзат?\n– Тамашаяв чи вуго, Мухӏудада, мун, Хъвадарухъабазул союзалъул кӏалгӏаби ругеб къватӏха!\n– Цӏехезе бугоха, Хӏамзат.\n– Цӏехезегӏаги цӏехезе бугоха, дуда мацӏги лъикӏго лъалеб батилин.\n– Валлагь, гьудул, Хӏамзат, дидаги къанагӏатал рагӏаби гурони лъаларо.\n– Рагӏабицин лъаларев дида данде дуцаго мадар гьабилеб батилин, гьадай данде ячӏуней хӏурулгӏиналда гьикъе.\n– Йо, Маруса. Союз писатель дом где есть? – ан гьикъидал, гьей гьимун йиго.\n– Хӏамзат, гӏайиб гьабуге, дида мун кватӏун гурони лъачӏо, дунги гьаний цӏалулей йигей магӏарулай ккола, – ян, Хӏамзатихъе квер кьун буго гьелъ.\n– Рилълъа, щвезарила нуж Хъвадарухъабазул союзалде, – ян Хӏамзатида гъеж хуна гьей ясалъ.\nГьеб кӏалгӏаялъуса къватӏиве цӏакъ рази-ракиго вачӏана Хӏамзат.\n– Гьале, вуссана дун, тӏубана хӏажат, цо материал кьун букӏана гьанибе, хӏалчӏахъаги азул, рилълъа гьанже нилъ бокьараб тукеналъ къабул гьаризе руго, анкьнусго гъуруш батана дие хъван, – ан абуна Хӏамзатица.\nЦо кӏудияб тукада шагӏирасда ратун руго батӏи-батӏиял кьеразул чиллайдул куназул квертӏеричал ричулел. Гьездаса вохун вуго Хӏамзат.\n– Кутакалда битӏана гьанже сапар, гьале цӏигьулдерил ясазе кьезе унго-унгояб сайгъат, – абун, гӏезегӏан квертӏеричал кьеян абун гьес.\n– тӏасалъугьа, тӏокӏаб кьезе бегьуларо, – ян абун буго тукенчӏужуялъ.\n– Нужеца гьалда бичӏчӏизабе дун даранчи гурин, ва гьал кьезе дир гӏагарлъиги лъималги гӏезегӏан ругин.\nЦадахъ рукӏараз тукенчӏужуялда бичӏчӏизабуна Хӏамзат выставкаялде вачӏарав делегат вукӏин.\n– тӏасалъугьа, бокьанагӏан росе, – ян тукенчӏужуялъ шагӏирасул къвачӏа цӏезабун буго.\n– Атахӏ, духъ гӏарац батичӏони, дица кьела, босе кун, – ан дидехун вуссана шагӏир.\nДица Хӏамзатие баркала кьуна, – ян лъугӏизабуна гьес хабар.\n1987 сон,\nМухӏамад Хъайтмазов"}
{"slug": "361-akhiriseb-khiukmu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=361-akhiriseb-khiukmu", "title": "Ахирисеб хӏукму", "date": "2017-09-08 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Къад зирхун роцӏараб зоб къасиялде кьерхана.\nХӏинкъаби кьолеб гӏадин кьурдизе лъугьана пири. Гӏинкълъуледухъ кьвагьдана гъугъайги. Цӏодорго галабиги росулаго, сверухълъиялде хӏинкъарал бералги рехулаго, кӏиго чухъилав азбаралъул сангаралда аскӏоре рачӏана. Гьаниб букӏана Асадулагьил кӏитӏалаяб мина. Цойги нухалъ сверухъ инсан вихьулищалиги валагьун, цеве вукӏарас телефоналъ ахӏана:\n— Ле, Асадулагь, чара гьечӏого дуда дандбазе жо буго. Рагъиде щай вахъунарев?\nЦо лахӏзаталдасан жавабалъул бакӏалда минаялъул гъоркьияб тӏалаялдаса нуцӏил къири бахъана. Гьеб параялъго, гъугъаялда данде ккезабун, цояс автоматалъ, хадув вачӏунес танчица кьвагьана. Асадулагь нуцӏикӏалтӏе шапун ана. Гьал рагъидеги ралагьун лъалхъана. Асадулагь гӏодов ккаралъуса вагъаричӏо. Цевехун вугес нахъеги бераз сверухълъи хъирщана. Чӏагояв инсан вихьичӏо. Нахъеги зодихъ гъугъаялъул кьвагьи бахъана. Кӏиясго ярагъ азбаралъубе хьуризабуна. Цинги гьал, къунш-къуншиялда бецӏаб къотӏнорехун тӏерхьун ана.\nЧӏварав Асадулагьил азбаралде нахъисеб къоялъ радалго ракӏарун рукӏана гьеб рахӏму-цӏоб гьечӏеб ругьел щварал райцентралъул гӏадамал. Гьел нахъе къазарулел, азбар тун къватӏире гочинариялъул хӏаракаталда ругоан полициялъулалги.\n— Абураб жого босуларел кинал гӏадамал нуж, — абун мех-мехалъ данделъаразде борхатаб гьаркьидалъун ахӏдолев рагӏулаан районалъул полициялъул бетӏер, майор Тӏагьиров. – Я гъарималха, нужеда абураб жоги гьабун, цӏех-рех гьабулезе квалквалги гьабичӏого, нуж азбаралъуса къватӏире ая!\n— Гьая, гьая нужерго ишалде руссине заман щвана, — ян, гьоялда хадуб рехулеб гамачӏ гӏадин, майорас данделъарал нуха регӏулел рукӏана. Чангоял гулла щвараб къедаса гьел рахъулел, гъурараб цӏорол рагъи рукӏалиде ккезабулел рукӏана. Тӏагьировас прокурорасе киналъулго баян кьезе хӏаракат бахъулеб бугоан амма гьесдаса дагьаб гурони къаси ккаралъул хӏасил лъалеб букӏинчӏо.\nАзбар тезегӏан майорас прокурор нуха регӏана. Кӏиясего гьаб лъугьа-бахъин букӏана рекӏелъ къараб ханжаргӏан бегӏераб. Гьадинаб иш районалда цебехун киданиги ккун букӏинчӏо.\nПрокурорасул гӏалагъважа жаниб багъулеб ботӏрода босизе кӏолеб букӏинчӏо лъица Асадулагьиде квер борхарабали. Гӏадамазда гьоркьоб гьесул цӏар букӏана «гӏакъилав диванчийин» абураб.\nПрокурор нухарегӏарав майор нахъвуссана. Гьесда вихьана данде вачӏунев Лабазан. Аскӏове щваравго Лабазаница мутӏигӏаб лимхӏараб гьимигун хъат гӏебеде битӏана.\n— Гьалмагъ майор, лъабго гулла къадалъа бикӏизе кӏванаха, — ян гулби ругеб хъат Тӏагьировасда цебе ккуна. Дида ккола гьел батӏи-батӏияб яргъил гулби ругилан.\n— Воре, къимат кьезе гӏедегӏуге, — илан майорас Лабазанил «давла» кодобе босана ва кӏваркьун гьезухъ валагьана. Лабазан иргадулаб буюрухъалъухъ валагьун хутӏана.\n— Лабазан, гьанив хъаравуллъуда цо полициялъулавги те. Гьал тохтурзабазул машинаялъ больницаялде экспертизаялъе жаназа битӏизе кумекги гьабун, сагӏаталдасан дир кабинеталде данделъизе нилъерго хӏалтӏухъабазда лъазеги гьабе. Дун нужехъ валагьун чӏела.\nТӏаде бегараб масъалаялъул бакӏлъиялъ майор кӏотинавун вукӏана. Киданиги рагӏичӏеб гьаб балагьалъ виххизавун, рукӏалиде вачӏунарого вугоан гьев. Тӏагьировасда кколеб букӏана гьеб гьоркьоб лъезе данделъаби гьарунагӏан лъикӏ букӏинин, бахӏсазул гучалъулъ лъугьа-бахъиналъул бегӏерлъи-бухӏи сун инин ва жиндир рекӏееги бигьалъи ккелин.\nЦо-цоккун тӏаде лъугьун рачӏана полициялъулал. Гьезие вагӏза гьабулелъулги гьасда цебе чӏолаан борхатаб, тӏубачӏого рес гьечӏеб хӏакимасул амруяб калам. Гьелъ гьавги лъугьунаан, заралги столалда тӏад тенкезарун, жиндир кверщаликь ругезда гьезул загӏипаб хӏалтӏуде кӏвар буссинабизе. Сагӏаталдаса цӏикӏкӏараб заманалда гьез дандбалеб букӏана кин рагьилеб гьаб такъсиралъул кӏул гьечӏеб нуцӏа.\nНадалдаса бачӏараб гӏетӏги бацӏцӏунаго, къватӏире лъугьунел рукӏана полициялъул хӏалтӏухъаби.\n— Лабазан, мун дагьалъ лъалхъея…\nЦинги киналго къватӏире ун хадуб Тӏагьировас, аскӏовеги вачӏун, хӏеренго гьесул гъажалда квер лъуна. Зазихарал цӏахӏилал бералги гьасда речӏчӏизарун, полициялъул бетӏерас гӏодоцараб каламалъ абуна: — Дир дуе цо хасаб тӏадкъай буго. Бичӏчӏулищ?\nРокъоб бакӏаб сихӏкъотӏи лъугьана.\n— Гьаб такъсиралъул пикру гьабе, ургъун вихье, киналъулъго мухӏканлъи лъазабе. Гьанже а.\nХӏажалъи дагьасда талихӏалъ къвал бала\nЦудунаб радал мех. Сордоги рокъоб бан, кӏиявго вац Гӏимранги Халидги гӏиял къавуде унел ругоан. Школалъул каникулазул заманги букӏун, дагьабниги жидерго мискинаб рукъалъе кумек букӏинеян жамагӏаталъул гӏияде хьвадулел рукӏана. Чернобылалдаса вуссун заман бахъилалдего хварав инсул пенсиялде тӏаде гӏияда хадур ун щвараб гӏарацги гьазие кумекалъе чӏолаан. Цин цебе кӏанцӏун, цин хадуб бекерун, гьаздаса рикӏкӏалъичӏого унеб букӏана бацӏгъанкъ Аргъутги. Хӏакъикъаталда гьазда абизе бегьулаан лъабго ракӏбикьарав гьудулилан. Кӏиго километралъниги эхедераялъ мегӏералъул кӏал гӏадин бугеб, кьурул сирталъ цӏунараб нохъода букӏана гьазул гӏиялкъай. Гӏиязул рехъен гьитӏинабго авлахъалдехун гӏедегӏана. Кӏиябго гьой сандирахъалда хӏапдолаго гӏияда хадуб ана. Гӏухьбузул тӏилалги росун, гӏумруялъул хӏалбихьи щварал гӏухьбуца кинниги, къиматалда гьелги гӏунтӏун вацал гьаругьинан хадур рилълъана. Радалго чӏамучӏлъи тӏаса босизейин Халидица чвантиниса бахъана телефон ва бакъаназухъ хӏалуцун, хӏасрат бергьун шавкъалда цӏалулеб кочӏол мухъазухъ гӏенеккана кӏиявго.\n— Ахӏулеб кечӏ гьечӏищ дур гьелда хъван? Валагьун вихьея. Гьадинги кьерхараб дуниял кьочӏолъе баккизегӏан буччизабичӏого те абун, махсарадего гӏадин рехана Гӏамирица. Халид сихӏирго гьесухъ валагьун хутӏана. Цинги буртӏинкилщица гиризабуна телефоналъул гьитӏинабго чарх. Роцӏараб борхатаб гьаркьидалъун харибакӏалда йигей ецарухъаналъ кинигин ахӏулеб кочӏоде тӏаде ккана. Халид гъоркьанго кӏудияв вацасухъ валагьана.\n— Гьаб бегьулищ дуе? — ян гьимана гьитӏинав.\n— Гьебги бегьила.\n— Гьалдаса лъикӏаб дир гьаниб хъван гьечӏо, дир кӏудияв вехь, — ан велъанхъулаго, телефонги къан, Халидица швантӏих бахъун бачӏана.\nГьедин махсара-хочӏалда майданги нахъа тун, гьал щвана мугӏрул лабаллъиялде. Хуриб хьвалеб хьон кинигин рихха-ричун ана гӏиял рехъен. Кӏиявго гӏодов чӏана ва, хъатиниб лъураб гӏадин, гьазда цебе чӏана гӏор бахун добехун бугеб кӏудияб росу. Гӏадамазул рагъа-рачари, гьезул данде ракӏари цоги къояздаса цӏикӏкӏараб бугоан жакъа.\n— Щиб букӏаниги ккун батизе буго доба, — йилан Гӏамирица рахъун рачӏана жиндирго таргьиниса дурнаби. Гьелги беразда чӏван, тӏадеги жубана:\n— Валлагь цо хӏапу-чапур бугилан ккола.\n— Воре, воре, дихъеги валагьизе кьея.\n— Дун гурхӏиледухъ гьареха, — ан гапилго гьасухъ валагьана Гӏамир.\n— Гӏемер гурхӏел-цӏоб цӏикӏкӏарав чи вугелъулищ, — ан къун чӏечӏо Халидги. Вацасухъа гьелги росун, Халид гъираялда кӏудияб росулъехун валагьана. Гьасда якъинго бихьулеб букӏана руччабазулги бихьиназулги рахӏатхвараб хьвада-чӏвади.\n— Ле Гӏамир, гъоба рагъул гӏаламат бихьулеб буго дида.\n— Щиб, гьел ратӏа гьаризе ине къасдцин гурищ дур бугеб?\n— Гӏиязул тӏалаб дуца тӏаде босани, – йилан вацасда тункизабизехъин букӏана гьас. Гьеб бичӏчӏарав кӏудияс циндаго чӏезавуна гьев.\nКӏудияв вац хаслихъе армиялде ине хӏадурлъулев вукӏана. Эбел унтарай гӏадан йикӏун, щибаб соналъ нахъбахъун тана гьав армиялде вачин. Лъадиги доваса нахъвуссинчӏого ячинарин чӏун вукӏана гьев. Эбелалъги гӏагарлъиялъги гӏемер гьарулеб букӏана гьасда ригьинги гьабун, гьелдаса дагьабниги пайда нусалъул рукъалъеги букӏинин абун. Амма Гӏамир гьелда разилъичӏо. Армиялдаса хадуб росдал магӏишаталъул академиялде цӏализе лъугьинги бигьалъила. Гьуинал пикрабаз керен цӏурав Гӏамирица гъваридго угьун биччана. Мех-мехалъ гьасул каранлъ бухъардулаан, эмен нахъе вукӏаравани, гьадин ятимго жал хутӏилароанин абураб пикру. Рес бугезул гӏумру бихьидал гьитӏинабго букӏаниги жахӏдаялъул цӏадуца бухӏизабулаан ракӏ. Гӏамир вукӏана рокъов киналъулго тӏалаб-агъаз гьабулев, гьавудулев гӏолохъанго гӏакълу-лъай босарав вас. Гьасда гьикъичӏого я эбелалъ, яги вацас щибниги гьабулароан. Гьасул рагӏухъ гӏенеккизе, малъаралъе мутӏигӏлъизе хӏадурав вукӏана Халид. Махсара-хочӏ гӏемер гьабуниги, кӏудиясул амруяб каламалдаса кьурулароан гьав. Гьединавлъун гьитӏинав вас гӏолев вукӏиналдаса йохун, хӏатта чӏухӏунцин йикӏунаан Жарият.\nГӏарип Расулов"}
{"slug": "363-pikh-bokaraz-kvina-nil-erab-khimiya-bokaraz-dozulab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=363-pikh-bokaraz-kvina-nil-erab-khimiya-bokaraz-dozulab", "title": "Пихъ бокьараз квина нилъераб, химия бокьараз — дозулаб", "date": "2017-09-08 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Социалиял гьиназдасан гьабураб даран\nСоциалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб рекламаялъул хӏасилалда, республикаялдаги гьеб тун къватӏибехунги гӏемерисезда рагӏана Гъизилюрт районалъул Миякьоса Салмановал Хӏажимухӏамадицаги гьесул вас Камалицаги жидецаго гӏезабураб микьир бичиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гӏезегӏан гӏадамал щвана гьенире, гьездаго гьоркьов дунги. Гьезул буго 2 гектаралда гӏезабураб ах. Гьениб бижулеб буго 30 тайпа цӏолбол, 6 тайпа мокьрол, 3 тайпа куракул. Гьеб ахил бетӏергьабазулгун ва гьабуна гьадинаб гара-чӏвари.\n— Хӏажимухӏамад, дуца ижараялъе босулеб мехалда, щиб хӏалалда букӏараб гьаб ракь?\n— Росдал боцӏуца мерхьараб, расги пайда букӏинчӏеб, чӏобогояб ракь букӏана. Дица ракь бегана, сверун къана, нух бахъана, лъим бачана. Гӏурухъа (Сулахъ гӏор) лъим бачинелъун, бана насосалъулаб станция, лъуна чӏахӏиял рогӏрал. Нальчикалдеги ун, босана 407 цӏулакьодул гъветӏ.\n— Хас гьабун ахихъанлъиялде машгъуллъиялъе щиб гӏилла ккараб?\n— Нижер росдал гӏадамаз кидаго гӏезабулаан микьирги цӏибилги. Цӏулакьо гӏезабизе байбихьидал, бичӏчӏана нижер ракьалда гьеб лъикӏ бижулареблъи, ракъвана киналго гъутӏби. Нижер умумуз гӏезарурал цӏолбол ва мокьрол ахал ккана ГЭСалъул лъеде гъоркье. Гьанже нижги тӏаделъана умумуз гьабулеб батараб гьабизе.\n— Рехун тараб бакӏалда гьадинаб гьайбатаб ах гӏезабизе ккани, кигӏан захӏмат бихьараб?\n— Доб мехалъ дун вукӏана 26 сон барав, Чӏикӏаб ГЭСалда хӏалтӏун (скалолаз), моцӏрое 500-600 гъуруш босулев чи. Кодобе щвараб кинабго гӏарац дица биччана гьенибе. Бихьараб захӏматалъул бицани, гьеб лъидаго, хасго жакъасеб гӏелалда бичӏчӏуларо.\n— Ижараялъухъ кигӏан кьолеб?\n— Цо гъуруш кьечӏо, кьезе нигатги гьечӏо, кьейин абун, чиги аскӏове вачӏинчӏо.\n— Щай?\n— Доб мехалъ нижеца гьабураб къотӏи-къаялъул цониги пункт тӏубачӏо совхозалъ. Дида цадахъ нижер росулъа 27 чияс босун букӏана ижараялъе ракь. Жакъа кӏигояв вуго, дунго гӏадин, ах гӏезабулев, хутӏараз къо хӏехьечӏо.\n— Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щванищ дуе?\n— Гьабураб хӏалтӏи, ракьул гӏатӏилъи, чӏараб гъветӏ рикӏкӏун, пачалихъалъ кьолеб дотация букӏана. Тӏоцересел соназда диеги щвана гьелъул 2,5 азаргогӏанасеб гъуруш. Фермерлъиялъул магӏишат гӏуцӏизеги тӏаделъун вукӏана. Хадуб биххана пачалихъ, ккана гӏемерал лъугьа-бахъинал, ва, мунги щиб гьабулев вугевин гьикъун, гьаниве гӏаданги ваккичӏо. Чанго нухалъ ана районалъул росдал магӏишаталъул управлениялде — дун гьадинав чи вугин, хӏалтӏи гьабизе гъираги ресги бугин, гьабулеб кумекгойищ букӏунаребин цӏехезе. Щибго хӏасил ккечӏо, ва дида бичӏчӏана дун, вихъун хваниги, кумек щолареблъи.\n— Кумек гьабулеб батичӏони, квалквалгӏаги гьабичӏого толищ?\n— Я кумекалъе, я квалквалалъе гьаниве щивго вачӏинчӏо. Гьанже хӏинкъун вуго гьалгощинал мухбирзаби рачӏун хадуб, метер-сезе налогазул инспекторзаби рачӏинадайин абун.\n— Лъагӏалие кигӏан продукция гьоркьохъеб хӏисабалда дуца бакӏарулеб, ва мун разияб къагӏидаялъ бачӏунищ гьеб?\n— Гъоркьиса цӏолбохъ дие цо гъуруш щвечӏо, квине щун гурого, щибго хутӏичӏо, хвана. Куракул букӏинчӏо кваназецин жо. Мокьроца мадар гьабуна. Исана куракги микьирги бегьулеб хӏалалда букӏана. Жакъа къоялда цӏибил гӏезегӏан берцинго, лъикӏ буго, хвечӏого хутӏани, бихьилаха хӏасил. Разилъиялъул бицани, бугелда шукру гьабизе ккола.\n— Нилъер тукабазда, базаразда гьарзаго руго къватӏисел улкабаздаса рачӏунел нигӏматал. Гьезда гъорлъ дур цӏолбоегун мокьрое бакӏго букӏунищ?\n— Бакӏ киб гурин щолеб, гьоркьове лъугьани, гӏадалъ жо бала. Сахлъиги гъираги бугони, пихъ гӏезабизе захӏмалъуларо. Захӏмалъи букӏуна бичизе. Гӏезабураб гӏечӏого, къасилъи-къадлъи гьечӏого, ургъизе ккола киндай гьеб бичила абураб суалалда тӏад. Базар дирин чӏаразулгун дагӏба-къец гьаби бигьаяб жо гуро.\n— Базаралда бугеб къватӏиса бачӏараб микьирги дур ахикь бижарабги дандеккуни, киналъул даража цӏикӏкӏунеб?\n— 10 баллалъул даража босани, дие щвела 7, дозие — 3. Бацӏцӏадаб, унго-унгояб микьир (гьединаб буго нижер) бакӏарун хадуб 3-4 къоялдаса цӏикӏкӏун цӏунизе кӏоларо. Хаслихъе добаса бачӏараб микьир ихдалги туруларо, туризеги биччаларо хӏалхьезегӏан гъорлъе жубараб химиялъ. Пихъ бокьараз квинаха нилъераб, химия бокьараз — дозулаб…\n— Дур пикруялда, пачалихъалъ щиб кумек гьабизе кколеб дуе ва мун гӏадиназе?\n— Гӏезабураб бичизе квербакъулебани, гьелдаса цӏакъаб кумек букӏинароан. Тахидаги кӏусун, мискинчиясда макьилъцин бихьичӏеб гӏарацги босун ругел гӏадамал гӏемерлъараб гьаб заманалда, гӏезабуралда щиб гьабилебали лъаларого вугев пакъирасул, рехун тарал ахазул, рекьичӏого ругел хурзабазул ургъел бугел хӏакимзаби гӏемер гьечӏо. 750 гектаралда бекьараб цӏибил букӏана нижер «Сулахъ» совхозалъул. Кӏудияб пачалихъ биххун хадуб, щу-щу дипломги кодоб ккун ругел гьанжесел хӏакимзабаз вабаъ рещтӏинабуна гьелде.\nЧанго соналъ гӏараб улкабаздаги хӏалтӏун, гьабсагӏаталда Интернеталдасан бича-хисиялда вугев Камал, сезоналъул заманалда хъизамалъе кумек гьабизелъун, Гонконгалдаса вуссун вуго ватӏаналде. Нилъер университеталъул къватӏисел пачалихъазул мацӏазул факультет лъугӏарав Камалида лъикӏ лъалел руго магӏарул, гӏурус, ингилис, турк, гӏараб мацӏал. Гьес абухъе, хадубккун Гонконгалда гьабулеб хӏалтӏи гьанивго чӏун тӏубан букӏинеги бегьула, Интернеталъ цойиде бачун бугелъул дунял. Гьесиеги кьуна дица чанго суал:\n— Камал, гьаб бакъукь, гӏетӏ тӏун гьабизе кколеб хӏалтӏудаса дуе бигьа букӏинчӏищ, Гонконгалъул лъикӏал шартӏаздаса пайдаги босун, доваго вукӏине?\n— Сундулъго бигьаял нухал ралагьизе бегьуларелъул. Дунялго сверарав Хӏамзатил Расулицаги абун гьечӏищ гьаниб гӏадин хӏухьел цӏазеги хӏалхьи гьабизеги лъикӏаб бакӏ жинда дандчӏвачӏин. Дидаги гӏезегӏан бихьана рахӏатаб гӏумруги лъикӏал шартӏалги, амма рокъобе ракӏ цӏачӏого букӏунароан. Къватӏисел пачалихъазда бихьараб росдал магӏишаталъул цебетӏейги, дора хӏалтӏизарулел цӏиял къагӏидабиги гьанир хӏалтӏизаризе ресал ралагьиялда тӏадги бокьун буго ургъизе.\n— Доба бугеб цебетӏейги бихьун, гьаниб бугеб ахӏвал-хӏалгун дандчӏвайдал, ракӏбуссиналъул асар бачӏунарищ?\n— Битӏараб бицани, радал щугоялда тӏадеги рахъун, Хасавюрталъул базаралде щведал, дора, кӏиабилеб гӏасруялда гӏадин, гьакаца ящикалги раччун, руччаби хӏалтӏулел рихьидал, ракӏхунги хутӏула. Нилъер гьаниб дагьабниги цебетӏей букӏине ккани, тӏоцебесеб иргаялда лъазе ккола нилъго ругеб бакӏ, нилъер даража. Гьабсагӏаталда нилъ цӏакъго нахъа руго, къватӏисел пачалихъазул хӏакъалъулъ бицинарин, улкаялъул гӏемерал регионаздасаго. Нахъеккараб нилъерго даража бичӏчӏун хадуб ургъула, гӏадамал церетӏезе ккани, гьабизе кколелда тӏад. Жакъа нилъ руго умумузул тарихалдасаги, нилъго нилъедасагоги чӏухӏун, бугъби гӏадин. Къватӏире щведал гурони бичӏчӏуларо нилъ нахъеккун ругеб куц.\n— Социалиял гьиназдалъун тӏибитӏана дур цӏар. Нужер хӏалтӏуе квербакъанищ гьез?\n— Гӏезабурав чи эмен вугониги, цӏар щвана дие. Ракӏалдаго гьечӏого ккана кинабго. Гьаб ахикьа бакӏарараб тӏагӏамаб микьир, гъотӏодаса тӏурабго, рес бугин нужееги щвезабизейин бахъараб ролик дица лъуна Интернеталда. Гьелъ гьабуна кӏудияб дандерижи. Гӏемерал гӏадамал рачӏана кӏалъан, рачӏун рукӏана мухбирзабиги телевидениялъул хӏалтӏухъабиги. Кибего щвана информация, цӏикӏкӏана рачӏунел заказалги. Дагъистаналдаса (гьиназдалъун) рукӏарал заказазда рекъон, нижеца микьир щвезабулаан рокъо-рокъобе (кило — 60 гъуруш), гьедин бичана тоннагун бащадабгӏанасеб къадар. Ахикьаго босизе рачӏаразе кьуна 50 гъуршиде кило гьабун. Россиялъул цоги регионаздаса (Сибиралдаса байбихьун, Архангельскалде щвезегӏан) рачӏарал гьединал заказал тӏуразе нижер рес кколаро. Микьир буго хехго холеб нигӏмат, нилъер регионазда гьоркьоб транспорталъулаб (я гӏодосан, я гьаваялдасан) бухьен низам гьечӏеб, цӏакъго хашаб букӏиналъ хвезабула гӏемераб хӏалтӏи.\n— Гьеб цӏияб къагӏидаялъул букӏинесеб кин бихьулеб дуда Дагъистаналда?\nГьеб электронияб бича-хиси дунялалдаго къойидаса къойиде цебетӏолеб буго. Дида ккола ва хьул буго Дагъистанги гьеб рахъалъ нахъеккезе гьечӏин ва бегьиларин, жакъа къоялъ гьадин нахъеккун ругониги.\nДун хӏадурав вуго дидаго лъалебщинаб, гӏемер махщел гьечӏониги, бокьарав чиясда чӏобого малъизе\nГара-чӏвари гьабуна\nГӏабаш Гӏабашиловас."}
{"slug": "376-magiarul-teatralda-bikhizabuna-tsiiyab-spektakl", "url": "https://hakikat.info/?nationals=376-magiarul-teatralda-bikhizabuna-tsiiyab-spektakl", "title": "Магӏарул театралда бихьизабуна цӏияб спектакль", "date": "2017-09-12 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "«Жалго херал, хиял бахӏарал»\nЭфенди Капиевасул цӏаралда бугеб Лаказул театралъул режиссер, Дагъистаналъул халкъияв артист Аслан Мухӏамадовас Магӏарул театралда лъуна асатӏиназул драматург Георгий Хугаевасул «Квартет для души» абураб пьесаялда рекъон хӏадурараб «Жалго херал, хиял бахӏарал» абураб спектакль. Гьелъие декорациял хӏадурана ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу, художник-постановщик Валентина Кондашовалъ.\nАбизе бегьула, спектакль гӏуцӏанин щуго артистасул хӏаялдасан. Лъимерлъудаго ккараб гьудуллъи рекӏелъ цӏунула Дарданелицаги (РФялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиев), Данелицаги (РФялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадов), Гагуцацаги (ДРялъул мустахӏикъав артист Гӏабдухаликъ Гӏабдухаликъов), Бабуцацаги (ДРялъул халкъияй артистка Зайнаб Хӏамзатова). Вукӏана гьезул цоги гьудул – Салман. Гьев чӏвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда. Гьенивго даим хутӏана Салманилги Бабуцалги кӏиявго васги. Дарданелил васги чӏвана рагъда. Гӏаммаб къварилъи баччизе букӏунеб бигьалъиялъ жеги къвакӏизабула багьадуразул гьудуллъи. Янгъизго хутӏарал бихьиназул яцалъ гӏадин тӏалаб гьабула Бабуцаца. Бихьинчи гьечӏого хутӏараб гьелъул рукъалъул гӏадлу гьабизе кумекалъе рахъуна гьудулзабиги.\nМахсараги, цоцалъ къацандиги, цоцазде кьварун рагӏи абиги, хехго тӏасалъугьинги – кинабго рагӏула нилъеда сценаялдаса. Цоцалъ речӏчӏун рагъарал бихьинал гӏаммаб мурадалъ гьебсагӏатго гъункизарула, гьел рортула цоцазе хӏалае. Гьедин букӏуна унго-унгоял гьудулзабазда гьоркьоб хӏакъикъияб гӏумруялдаги. Лъабавго гьудул цолъизавураб хор гӏуцӏизе жигар бахъула Иналица (артист Салим Батиров). Амма гьанибги къацанди камуларо. «Дур лъикӏаб гьаракь гьечӏо, мун кьурде ва свери бахъулаго, берцинго гӏодоб наку чӏвай», — ян малъула Гагуцаца Дарданелида. Гьесги жаваб кьола: «Мунго вукӏа радиоялдасан кьурдулев. Дида радиоялдасан гӏадамал кьурдулинго рагӏичӏо», — ян.\nХерлъарал багьадуразул ракӏазулъ рахчун ругел гӏемерал балъголъаби рукӏуна. Киназго, масала, балъго цӏунун буго гьитӏинго Бабуцахъе ккараб рокьи. Гӏолохъанаб заманалда гьей хъамула Данелица. Гӏолилайги кьолоний лъун бацӏунеб букӏараб чу рекъдизе лъугьараб мехалда, гьес Бабуца йосун лъола цадахъ вукӏарав Салманил чодул кьолний. Салманицаги, щвараб талихӏ гьоркьобе биччачӏого, гьей жиндиего ячӏине мукӏурлъизаюла. Гьеб кинабго хӏакъикъат гьудулзабазда лъала, гӏемерал сонал гьоркьор индал. Гагуцаца гӏумруялъго рекӏелъ цӏунула Бауцахъе ккараб рокьи ва хъизанго гьабуларо. Хъизамал гьаруниги, лъудбуздаса ратӏалъун хутӏула Дарданелги Данелги. Гьайгьай, щивасул рекӏелъ буго хиял: гьанжениги разилъилародай Бабуца жиндие ячӏинеян. Амма рагъда хварав гьудуласул адаб цӏуниялъ цонигиясда кӏоларо гьелда жиндир пикру рагьун загьир гьабизе.\nГьудуллъиялъе ритӏухълъи, гӏумруялде рокьи, рокьул гӏищкъу ва махсара-хочӏалъе мазщелгун кечӏ-бакъаналъе гьунар – гьеб кинабго гьарзаго гьуршана Магӏарул театралъул гьунар тӏокӏал артистаз сценаялдаса.\nСпектаклялъул жанр комедия бугин хъван букӏана афишаялда. Рукӏана гьенир гӏемер кополал сценабиги. Амма щибаб сцена букӏана рекӏелъ бахчараб къваридаб пашманлъигун бадиб кунчӏараб рохалил асар загьир гьабилъун. Дир пикруялда, гьелда абизе бегьилаан трагикомедияян. Щивав багьадурасул рекӏел тӏиналда цӏунараб пашманлъи бугониги, гьезда батулеб буго дунял гӏуцӏизеги, жакъасеб къоялда рекъон, гӏумру тӏамизеги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "377-uchitelasul-professionaliyab-standartal-ul-khiak-al-ul-zhamgiiyab-bakhis", "url": "https://hakikat.info/?nationals=377-uchitelasul-professionaliyab-standartal-ul-khiak-al-ul-zhamgiiyab-bakhis", "title": "Учителасул профессионалияб стандарталъул хӏакъалъулъ жамгӏияб бахӏс", "date": "2017-09-13 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "79 бадибчӏвайги 89 пикруги\nУчителасул профессионалияб стандарталъул хӏакъалъулъ жамгӏияб бахӏс\nСтандартпедагога.рф сайталда тӏобитӏулеб буго «Учителасул стандарт» ва «Учителасул цебетӏеялъул миллияб къагӏида (НСУР)» абурал док\nументазул бахӏс. Гьабсагӏаталде бахӏсалда гӏахьаллъун вуго 0,01 проценталдасаги дагьав учитель.\nУчительзабаз сайталда хъвалел руго стандарталъулъ ратарал дандеккунгутӏиязул хӏакъалъулъ жидерго пикрабиги. Масала, «Стандарталда хӏалтӏизарулел терминал рукӏине ккола чӏванкъотӏараллъун» абураб пикру загьир гьабулеб буго гӏахьалчагӏазул гӏемерисез.\nУчительзабазе рекӏее гӏолеб гьечӏо учителасул хӏалтӏуе къимат кьолеб къагӏидаги. Гӏемерисез абулеб буго, стандарталда мухӏкан гьабун гьечӏила, кинал критериязул кьучӏалда къимат кьезе бугеб учителасе, ведущий учителасе, кӏудияв учителасе; кин тӏобитӏизе бугеб аттестация ва гьеб гӏолищ жеги тӏадегӏанаб статусалъе мустахӏикъавлъун рикӏкӏиналъе.\nМарина Бернштейница (Ульянов областалдаса гӏурус мацӏалъул учительница) гьадинаб пикру хъван буго: «1. Учителасул хӏалтӏул хӏасилазе къимат кьолаго, хӏисабалде босизе ккола цӏалдохъабазги гьезул эбел-инсуцаги гьесие лълеб къимат. 2. Учителасе къимат кьолаго, хӏалтӏул хӏасилазул цебетӏей, ай цӏалдохъабазул лъаялъул даража хӏисабалде босизе ккола. 3. Дир пикруялда, жинца кьолеб дарсил экзаменги кьун бажаризе ккола учителасухъа».\nБадибчӏваял руго моцӏрол харжазул хӏакъалъулъги. Батӏи-батӏияб даражаялъул учителасе моцӏрол харж чӏезабиги мухӏкан гьабун гьечӏо ва гьеб гьабизе бугищалиги бичӏчӏулеб гьечӏо стандарталдасанин рикӏкӏунеб буго гӏемерисез. «1. Лъайкьеялъул идараялъул штаталда чан ведущий ва кӏудияв учитель вукӏине кколевали мухӏкан гьабизе ккола. 2. Кӏудияв ва ведущий учителасухъ рукӏине ккола учителасухъаялдаса дагьал дарсал. Гьебго заманалда херлъиялда бан кьолеб пенсиялъул страховияб бутӏаялдаса махӏрум гьаризеги бегьуларо гьел. 3. Учителасе, кӏудияв учителасе ва ведущий учителасе батӏи-батӏиял харжал чӏезаризе ккола» — ян абулеб буго Пермь шагьаралъул СОШ № 120 МАОУялъул директор Оксана Склюевалъ.\nСамара шагьаралдаса учительница Ольга Андреевалъ хъвалеб буго: «ОГЭялдаги ЕГЭялдаги гӏахьаллъизе ккола учительва гӏолохъанав учитель, кӏудиявги ведущийги учительзаби гӏахьал гьаризе ккола гӏицӏго хӏалтӏабазул халгьабиялъулъ».\nДагъистаналдаса цониги учитель гӏахьаллъун ватичӏо бахӏсалда. Бахӏс букӏине буго 20 сентябралде щвезегӏан.\nСтандартпедагога.рф сайталдаса"}
{"slug": "394-zhak-aseb-k-oyal-ul-k-varidab-sarin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=394-zhak-aseb-k-oyal-ul-k-varidab-sarin", "title": "Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин", "date": "2017-09-19 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дуе кьунищ тӏехь?\nМинистерствоялъ халгьабулеб буго цӏалул тӏахьал школазде щвеялъул\nДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде гӏемер чи кӏалъалев вуго жидее тӏахьал щвечӏин яги дагьал гурони рачӏинчӏин абун. Гьединлъидал министерствоялъ халгьабулеб буго кинал школазде ва кигӏанасеб къадаралда рикьун ругелали цӏалул пособиялги тӏахьалги.\nХалгьабиялъул хӏасилалда баянлъана школазул нухмалъиялъ тасамахӏлъи биччан букӏин гьеб суал тӏубазабулаго. Масала, заманалда кьун гьечӏо чан тӏехь хӏажат бугебали баян гьабулеб кагъат, росун руго жидее къваригӏунарел, цо-цо школаз, тӏахьал хӏажалъулин абун, кагъатго хъван гьечӏо. Цо-цо школазда заманалда рикьун гьечӏо жидехъе рачӏарал тӏахьал.\nМинистерствоялъ баян гьабулеб буго: цӏиял ФГОСазда рекъонкколедухъ, тӏубанго цӏигьабун буго кӏиабилелги анкьабилелги классазул библиотекаялъул фонд ва тӏахьал щвезарун руго муниципалитетаздеги. «Министерствоялъул сайталда лъун руго кӏиабилелги анкьабилелги классазул тӏахьазул рахъалъ республикаялъул щибаб школалдаса бачӏараб заявкаги школазде тӏахьал ритӏиялъул хӏакъалъулъ кагъталги. Гьел классазе тӏахьал гӏолел гьечӏин нижехъе бачӏараб щибаб гӏарзаялъул хасго халгьабизеги буго», — ян бицана ДРялъул лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги министрасул заместитель Темирхан Халиловас.\nГьединабго хӏал букӏана гъоркьиса тӏоцереселги анлъабилелги классазул тӏахьалгунги. Киназего гӏураб къадаралда рачӏун рукӏана гьелги. 2013-2015 соназда росун рукӏана лъабабилелги, ункъабилелги, щуабилелги классазе тӏахьал.\n8-11 классазе цӏалул тӏахьал росиялъул масъала тӏубазабизе захӏмалъулеб буго. Республикаялда хӏалкъан букӏиналда бан, гьел росичӏого бана анкьгониги сон. 2017 соналда гьездалъун цӏалдохъаби хьезаризе кумек гьабулеб буго Россиялъул «Просвещение» издательствоялъ. Ноябралде гьелги щвезе руго республикаялде."}
{"slug": "396-giemer-giodorchieze-l-ikiab-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=396-giemer-giodorchieze-l-ikiab-gechio", "title": "Гӏемер гӏодорчӏезе лъикӏаб гьечӏо", "date": "2017-09-19 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Мугъзагьодалъе дандекколаро цо чӏараб хӏал\nГӏалимзабаз чӏезабун буго мугъзагьодалъул унти сах гьабичӏони, руччабиги бихьиналги лъимал лъугьунареллъун рукӏине бегьулин. Мугъзагьод унтиялъе аслияб гӏиллалъун ккола гӏемераб мехалда цо хӏалалда гӏодор чӏей. Компьютералда нахъа гӏодор чӏун хӏалтӏулезул мугъзагьодиде цӏикӏкӏун хӏал щола, гьединлъидал гӏемерисеб мехалда хондрозги лъугьуна, ахадаса мугъ, гьод ва габур унтула.\nАхадаса мугъалъул ччорбаз мугъзагьод халалъухъе битӏун чӏун кквезабула, амма, чанго сагӏаталъ тӏаде рахъинчӏого, компьютералда нахъа гӏодор чӏун ругони, гьел ччорбал свакала ва мугъзагьод битӏун кквезелъун, дандекъан чӏола, рукӏкӏуна. Ччорбал рукӏкӏунеб бакӏалда биги лъикӏ хьвадуларо, гьединлъидал би лъикӏ хьвадулареб бакӏ квеш хӏалтӏула. Гьеб бакӏ гьорозе бегьула ва гьелдалъун нерваби данде къала ва унтула. Тохтурас, тӏоцебесеб иргаялда, ччорбал рукӏкӏараб бакӏалъул халгьабула. Ччорбал рукӏкӏараб бакӏалъе массаж гьабун, ччорбал чуч гьарула. Хадуб хасаб гимнастика гьабун, ччорбал рукӏалиде рачӏинарула.\nСанагӏалъи гьечӏел хьитазги гьод унтизабула. Рорхатал угъдул ругел хьитал ретӏунел руччабазул рилълъиналъул къагӏида (биомеханика) хола. Гьелъул хӏасилалдаги мугъ унтула, ва гьитӏинаб рохокъотӏиялде би загӏипго гурони хьвадуларо. Гьелъул хӏасилалда рохокъотӏи унтизе байбихьула. Гьелде тӏадеги, рорхатал угъдузул хьитазда гӏемер хьвадулел ругони, би хӏатӏазде бакӏарула, ва варикоз лъугьине бегьула. Гьединлъидал рорхатал угъдузул яги угъдулго гьечӏел хьитал къойилго ретӏине бегьуларо. Хьитал рукӏине ккола гьитӏинаб эгъе бугел, гъоркьа къвакӏарал.\nУнти кин тӏатинабилеб?\nОстеохондроз (мугъзагьодалъул рукьби кьватӏи) цо-цо мехалъ цогидал батӏи-батӏиял унтабазда релълъун бихьула, битӏараб диагноз лъезе захӏмалъула. Цо-цо мехалда остеохондрозалъул бакӏалда инфаркт бугин абунцин диагноз лъун батула. Лъикӏав специалистасухъа гурони гьел унтаби ратӏарахъизе бажаруларо. Гьединлъидал мугъ ва керен цадахъ унтулеб бугони, кардиологасухъеги ине ккола, ракӏ унтун бугищали халгьабизе. Остеохондроз бугони, гӏицӏго мугъ гуребги гьелдаго цадахъ батӏи-батӏиял лугбалги унтизе бегьула. Керен, ракӏ бугеб рахъ ва гьединго рохокъотӏиялъул рахъалда ругел лугбал унтизе рес буго. Цо-цо мехалда гьел лугбал сах гьаризе гӏемераб дару-сабаб гьабула, амма кинабгӏаги хӏасил кколаро, остеохондрозалъе дару гьабун гурони. Мугъзагьодалъул грыжа сахгьабун, ччорбал ва нерваби рукӏалиде ккезарун гурони, цогидал лугбалги сахлъуларо.\nАхираб заманалда гӏадамаз гьабулеб гъалатӏ буго Интернеталъул кумекалдалъун жидецаго унтул диагноз чӏезабизе лъугьин. Тохтурасухъе инчӏого гьабураб даруялъ лъикӏалде рачунаро. Горбол остеохондроз сахгьабичӏони, инфаркт яги инсульт лъугьинеги рес буго. Гӏадада гурелъул абулеб мугъзагьод сахлъиялъул хӏуби бугин.\nГимнастика – бищунго лъикӏаб дару\nГӏемерисезул гӏадат буго мугъ яги цогидаб бакӏ унтизе, цӏунизе лъугьани, дару гьекъон, яги гьеб тӏад бахун, унти къотӏизабулеб. Амма гьеб ккола бищунго кӏудияб ва сахлъиялъе зарал гьабизе бегьулеб иш. Кинаб букӏаниги лага унтизе лъугьин кколелъул цогидаб унтул гӏаламат. Унтараб бакӏалда дару бахунин абун гьеб бакӏалъул унти дагьабго заманалъ сасуна, амма унтараб черх сахлъуларо. Мугъзагьод сахгьабиялъул бищунго лъикӏаб къагӏидалъун рикӏкӏуна батӏи-батӏиял упражнениял гьари. Тӏолабго мугъзагьод лъикӏ хӏалтӏизабизе гӏоло бихьизабун буго хасаб гимнастика. Гьеб рокъобги гьабизе бегьула, тохтурасул малъа-хъваязда рекъон. Мугъзагьодалъе операция гьабуразегицин кумек гьабулин хасал упражнениязин абулеб буго специалистаз.\nЦӏех-рехаз бихьизабулеб буго мугъзагьодалда гьоркьор ругел дисказул грыжаялъе операция гьабуразда гьоркьоса 90 проценталъул 10 соналдасан гьеб грыжа цӏидасан лъугьунеб букӏин. Операция гьабичӏого рес гьечӏел бакӏалги гӏемер руго: унтарасул рохокъотӏиялъул хӏалтӏи хун бугони, кӏварщ кквезе кӏолеб гьечӏони, грыжаялъ нерваби данде къаялъул хӏасилалда цояб квер яги бох хӏалтӏулеб гьечӏони. Гьел гӏаламаталги гьечӏони, амма хӏехьезе кӏолареб унти бугоницин, мугъзагьодалъе операция гьабичӏого, тохтурас рихьизарурал упражнениязул, зарядкаялъул кумекалдалъун гьодил хӏалтӏи рукӏалиде ккезабизе рес буго. Гьединлъидал мугъзагьод унтарав чи операция гьабизе гӏедегӏизе бегьуларин рикӏкӏунеб буго гӏемерисел специалистаз.\nЦо-цо тохтурзабаз мугъзагьод унтарав чиясе дарулъун бихьизабула лъедей ва, турникалда далун, гьодил чӏоло цӏазаби. Амма бичча-бихъан тараб остеохондроз бугев чиясе турникалда цӏай тохтурзабаз лъикӏаблъун бихьизабуларо. Гьадингоги рукӏкӏарал ва гьорорал ччорбал цӏазаруни, мугъзагьодалъул рукьбузда гьоркьор ругел дисказеги зарал ккезе бегьула. Гьединлъидал остеохондроз бугев чиясе гьодил чӏоло цӏазабичӏого, гьеб лъикӏ хӏалтӏизабизе гӏоло цогидал упражнениял гьаризе лъикӏаб буго. Гьединго остеохондроз бугев чияс захӏматаб жо баччизе бегьуларо, щайгурелъул, мугъзагьодалде хӏал кканиги, гьениб грыжа лъугьине рес буго."}
{"slug": "397-nur-barab-tsiargi-tsiil-i-kholareb-temagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=397-nur-barab-tsiargi-tsiil-i-kholareb-temagi", "title": "Нур бараб цӏарги цӏилъи холареб темаги", "date": "2017-09-19 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "942 соналда поэма, хасаб тӏехь гьабун, басмаялда бахъана\nЖакъа «Шамил» абураб Хӏамзатил поэма басмаялда бахъиялдалъун нилъеца борхулеб буго кӏиго паризаяб налъи – жив гьавуралдаса исана кӏинусабго сон сверарав хӏалбохаяв Шамил-имамасда цебеги ва гьебго заманалда 120 сон тӏубарав Цӏадаса Хӏамзатида цебеги. Шамилги Хӏамзатги цоцаде данде рачунеб мех гуро, амма, ракӏалде ккола, дунялалда цӏар арав ва тарихалда нур барав имамасулги улкаялда машгьурав халкъияв шагӏирасулги гӏазизал цӏарал гьадинаб къадруялда ва хӏурматалда рехсей кколин тӏолабго нилъер магӏарул халкъалъул даража цӏунулеб ишлъунилан.\nХӏамзат вукӏана даимго Шамилил хӏурмат цӏунарав ва гьесул цӏаралъе киданиги хилиплъичӏев чи. Никӏалайил заманалдаго Генуб росдал дибирлъун вугеб мехалъ гьесул лъикӏаб лъай-хъвай букӏана имамасул тарихалъулгун ва гьесул наслу-тухумалъулгун. Дир хӏисабалда советиял соназда Дагъистаналъул адабияталда жаниб Шамилил темаялда тӏасан тӏоцебесеб художественияб асар хъварав чи вукӏана Цӏадаса Хӏамзат. Лъеберабилел соназда Ватӏан цӏуниялъул масъалаялда хурхун херхарал гьесул кочӏол асаразда жанир чанги ратула Шамилилги гьесул наибзабазулги мисалал рехсарал бакӏал. Унго-унгояб куцалда тӏадчӏун Шамилил тарихалдеги гьесул темаялдеги Хӏамзат машгъуллъараб мех ккола 1939, 1940, хасго 1941 сонал. Гьел соназда хъвараб буго Шамилил хӏакъалъулъ поэмаги. Абизе ккола, поэмаялда тӏад гьабулеб хӏалтӏи хехго рагӏалде бакӏариялъе цо сабаб кканин Гитлерил Германиялъул рагъул питна. 1942 соналда поэма, хасаб тӏехь гьабун, басмаялда бахъана ва магӏарулазда кодобе щвана.\nХадубго цун Хӏамзат лъугьана Шамилил хӏакъалъулъ гӏатӏидаб ва кӏудияб пьеса хъвазе. Батӏи-батӏиял гӏиллаби ккун, гьеб хӏалтӏи рагӏалде бахъизе кӏвечӏониги, шагӏирасул архивалда руго хъван лъугӏарал цо-цо пардавал. Хӏатта гьезул цо бутӏа Хӏамзатил пьесабазда гьоркьоб басмаялдаги бахъун букӏана. Гьаниб бицинчӏого толеб буго, рагъул киналго саназда Шамилилги гьесул наибзабазулги гьунарал рехсон, поэтас хъварал кучӏдузулгун харбазул, гьарурал кӏалъаязул хӏакъикъат. Амма цо жо буго бицине бокьараб. Рагъул байбихьудаго цо пуланаб къоялъ, Махӏачхъалаялда базаралде арав Хӏамзат рокъове вуссуна пуланав художникас гьабураб Шамил-имамасул кӏудияб суратги баччун, хирагоги букӏанин, амма босичӏого чӏезе кӏвечӏилан. «Жакъа, гьадигӏан гӏарцукъаб къоялъ босичӏого, хадуб босизе таниги бегьилаан», – абун хъизамалъул зигара баккидал, Хӏамзатица гьелда абуна: «Бегьилароан, Хъандулай, гӏарцудаса жакъа Шамил къваригӏун вуго нилъее!» Хӏамзатихъе зияраталъ щив вачӏаниги, сундасаго цебе гьесул бер речӏчӏулаан халкъияв шагӏирасул хъвадарулеб столалда тӏад къадада бараб гӏазизав имамасул сураталда, гьесул гьайбатаб сипаталда. Бищунго цӏакъ имамасде тӏаделъарал ва, гьесде мугъ рехичӏогойилан, шагӏирасда кӏалал гьикъулел саназдаги Хӏамзатица Шамилил сурат жиндир кабинеталъуса кьуризабичӏо.\nШамил имамасул масъалаялда хурхараб рахъалъ цӏакъ кӏудияб лъугьа-бахъин ккана 1945 соналда. Цӏикӏкӏараб гӏелалъул магӏарулазда ракӏалда батила — доб мехалъ Махӏачхъалаялда Лъарагӏ театралъ бихьизабулеб букӏана М. Хуршиловас хъвараб «Аманат» абураб пьеса. Гьениб бицен букӏана Шамилица Ахӏулгохӏда тушбабахъе аманаталъе кьурав жиндирго гьитӏинав вас Жамалудин, гьелдаса гӏемер сонал ун хадуб, гуржиязул асирзабазухъ хисун, Ватӏаналде тӏадвуссинавураб къагӏидаялда тӏасан. Кватӏичӏого «Дагъправда» газеталда бачӏана пьесаялъеги гьеб театралда бихьизабураб куцалъеги къимат кьун, Москваялдаса ячӏарай пуланай авторалъ хъвараб макъала. Гьеб букӏана хъубаб макъала: гьелда жанир кӏудиял бугьтанал лъун рукӏана Шамилидаги гьесул ритӏухъаб къеркьеялдаги. Шамил вукӏанила къосарав чи, гьес гьабураб рагъги букӏанила тӏекъаб хӏалтӏи. Шамилида бичӏчӏичӏила Россиялда цадахъ гурони Дагъистаналъе батӏияб нух гьечӏолъи. Гьесул хьул букӏанила турказдеги ингилисаздеги. Гьелдаго релълъарал рукӏана макъалаялда рехсарал цогидал багьанабиги.\nГьеб макъалаялъ нилъер халкъалъул рахӏат хвезабуна. Гӏадамазул ракӏбакъвазабуна ва ццин бахъинабуна. Амма цохӏого цо Хӏамзат ккана -дол къояз гьеб гьересияб, чамгӏалаб, хӏалихьатаб макъалаялъул авторалъе жаваб кьун цеве вахъарав чи. Гьес хъвана ва газеталда бахъана «Шамил» абураб машгьураб кечӏ. Гьелда жанир рукӏана, чияр зулму хӏехьечӏого, жидерго эркенлъиялъе гӏоло тӏаде рахъарал магӏарулазул бацӏцӏадаб ниятги тӏекъаблъун чӏезабун, пачаясул колониалияб политика ритӏухъ гьабулел гӏадамазе кьурал кьогӏал жавабалги гьарулел бадирчӏваялги.\nШамилил история эсул тӏанчӏазда лъала,\nАслу гьечӏеб рагӏуде гӏинтӏамизе ккеларо.\nГӏурус халкъалдехунищ\nШамилил рагъ букӏараб —\nРакӏалде кканщинаб жо абизе бегьиларо.\nИхтияр тӏалаб гьабун, хвалчен бахъараб лачен,\nЛъица щиб бицаниги, дур нух битӏараб буго.\nВатӏан эркен гьабизе квер биххарав багьадур,\nДуде инкар гьабурал квегӏаб рахъалъ ккун руго.\nДол шартӏазда гьедин ачихъго, кӏал гьикъун кӏалъай букӏана Хӏамзатил рахъалдасан таваккалаб хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ гьелъулъ букӏана шагӏирасул ритӏухълъиги бахӏарчилъиги. Магӏарулаз гьелъие кколеб къиматги кьуна. Гьеб бичӏчӏана хӏатта Москваялъул интеллигенциялъул вакилзабаздаги. Ва амма ракӏал хъубазда гьеб кӏочон течӏо: 1950 соналда Багировасул чукъбуз Шамил турказулги ингилисазулги жасус вукӏанилан ва гьесул бетӏерлъиялда гъоркь Северияб Кавказалда гьабураб къеркьейги реакционияб иш букӏанилан чӏезабураб мехалъ, Хӏамзатида ракӏалдещвезаруна Шамилил хӏакъалъулъ хъвараб гьесул поэмаги, тӏадехун рехсараб кечӏги ва батӏи-батӏиял бакӏазда гьес гьарурал каламалги, насихӏаталги. «Политикияб бецлъи», «Идеологиялда жаниб бичӏчӏи гьечӏолъи ва гӏадлу хвей», «Миллатчилъиялъул асаралде гъоркье ин» – гьеле, гьеб тайпаялъул рукӏана дол соназда Хӏамзатиде гӏунтӏизарулел гӏайибалги чӏвалел бугьтаналги.\nГӏайибалги бугьтаналги ана, лъугӏана. Шамилги вацӏцӏалъана, Хӏамзатги вацӏцӏалъана. Нахъе хутӏана кӏудияв имамасул кӏудиял васиятал ва халкъияв шагӏирасул гӏакъилал назмаби. Нахъе хутӏана Шамилил тарих бицараб Хӏамзатил поэма. Магӏарулазе нахъеги рес щвана гьелъул тӏанчал регизе, гьурмал гелизе ва мухъал цӏализе. Ва даимав имамгун цадахъ 25 сонил манзилалъул сапаралда гьоркьор гӏахьаллъизеги.\n1997 сон\nХӏамзатил Хӏажияв"}
{"slug": "398-zhalgo-kheral-khiyal-bakhiaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=398-zhalgo-kheral-khiyal-bakhiaral", "title": "«Жалго херал, хиял бахӏарал»", "date": "2017-09-19 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул театралда бихьизабуна цӏияб спектакль\nЭфенди Капиевасул цӏаралда бугеб Лаказул театралъул режиссер, Дагъистаналъул халкъияв артист Аслан Мухӏамадовас Магӏарул театралда лъуна асатӏиназул драматург Георгий Хугаевасул «Квартет для души» абураб пьесаялда рекъон хӏадурараб «Жалго херал, хиял бахӏарал» абураб спектакль. Гьелъие декорациял хӏадурана ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу, художник-постановщик Валентина Кондашовалъ.\nАбизе бегьула, спектакль гӏуцӏанин щуго артистасул хӏаялдасан. Лъимерлъудаго ккараб гьудуллъи рекӏелъ цӏунула Дарданелицаги (РФялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиев), Данелицаги (РФялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадов), Гагуцацаги (ДРялъул мустахӏикъав артист Гӏабдухаликъ Гӏабдухаликъов), Бабуцацаги (ДРялъул халкъияй артистка Зайнаб Хӏамзатова). Вукӏана гьезул цоги гьудул – Салман. Гьев чӏвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда. Гьенивго даим хутӏана Салманилги Бабуцалги кӏиявго васги. Дарданелил васги чӏвана рагъда. Гӏаммаб къварилъи баччизе букӏунеб бигьалъиялъ жеги къвакӏизабула багьадуразул гьудуллъи. Янгъизго хутӏарал бихьиназул, яцалъ гӏадин, тӏалаб гьабула Бабуцаца. Бихьинчи гьечӏого хутӏараб гьелъул рукъалъул гӏадлу гьабизе кумекалъе рахъуна гьудулзабиги.\nМахсараги, цоцалъ къацандиги, цоцазде кьварун рагӏи абиги, хехго тӏасалъугьинги – кинабго рагӏула нилъеда сценаялдаса. Цоцалъ речӏчӏун рагъарал бихьинал гӏаммаб мурадалъ гьебсагӏатго гъункизарула, гьел рортула цоцазе хӏалае. Гьедин букӏуна унго-унгоял гьудулзабазда гьоркьоб хӏакъикъияб гӏумруялдаги. Лъабавго гьудул цолъизавураб хор гӏуцӏизе жигар бахъула Иналица (артист Салим Батиров). Амма гьанибги къацанди камуларо. «Дур лъикӏаб гьаракь гьечӏо, мун кьурде ва, свери бахъулаго, берцинго гӏодоб наку чӏвай», — ян малъула Гагуцаца Дарданелида. Гьесги жаваб кьола: «Мунго вукӏа радиоялдасан кьурдулев. Дида радиоялдасан гӏадамал кьурдулинго рагӏичӏо», — ян.\nХерлъарал багьадуразул ракӏазулъ рахчун ругел гӏемерал балъголъаби рукӏуна. Киназго, масала, балъго цӏунун буго гьитӏинго Бабуцахъе ккараб рокьи. Гӏолохъанаб заманалда гьей хъамула Данелица. Гӏолилайги кьолоний лъун бацӏунеб букӏараб чу рекъдизе лъугьараб мехалда, гьес Бабуца йосун лъола цадахъ вукӏарав Салманил чодул кьолоний. Салманицаги, щвараб талихӏ гьоркьобе биччачӏого, гьей жиндиего ячӏине мукӏурлъизаюла. Гьеб кинабго хӏакъикъат гьудулзабазда лъала, гӏемерал сонал гьоркьор индал. Гагуцаца гӏумруялъго рекӏелъ цӏунула Бабуцахъ ккараб рокьи ва хъизанго гьабуларо. Хъизамал гьаруниги, лъудбуздаса ратӏалъун хутӏула Дарданелги Данелги. Гьайгьай, щивасул рекӏелъ буго хиял: гьанжениги разилъилародай Бабуца жиндие ячӏинеян. Амма рагъда хварав гьудуласул адаб цӏуниялъ цонигиясда кӏоларо гьелда жиндир пикру рагьун загьир гьабизе.\nГьудуллъиялъе ритӏухълъи, гӏумруялде рокьи, рокьул гӏищкъу ва махсара-хочӏалъе махщелгун кечӏ-бакъаналъе гьунар – гьеб кинабго гьарзаго гьурщана Магӏарул театралъул гьунар тӏокӏал артистаз сценаялдаса.\nСпектаклялъул жанр комедия бугин хъван букӏана афишаялда. Рукӏана гьенир гӏемер кополал сценабиги. Амма щибаб сцена букӏана рекӏелъ бахчараб къваридаб пашманлъигун бадиб кунчӏараб рохалил асар загьир гьабилъун. Дир пикруялда, гьелда абизе бегьилаан трагикомедияйин. Щивав багьадурасул рекӏел тӏиналда цӏунараб пашманлъи бугониги, гьезда батулеб буго дунял гӏуцӏизеги, жакъасеб къоялда рекъон, гӏумру тӏамизеги рес.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "414-100-k-o-resal-va-khiasilal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=414-100-k-o-resal-va-khiasilal", "title": "100 къо: ресал ва хӏасилал", "date": "2017-09-22 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Лъабго моцӏидаса цӏикӏкӏараб заманалда жаниб гьаруна 411 вас ва 402 яс\nРеспубликаялъул перинаталияб центр рагьаралдаса ва хӏалтӏизе байбихьаралдаса ана нусго къо. Гьеб заманалда жаниб централда гьабун буго 813 лъимер (411 вас ва 402 яс), гьездаго гьоркьоб 13 игизалги.\nГьабсагӏаталда медицинаялъул гьеб центр букӏине кколеб куцалда хӏалтӏулеб буго. Гьенир хӏалтӏулел руго жидерго иш лъикӏ лъалел махщелчагӏиги медицинаялъул хӏалтӏухъабиги. Гьеб хьезабун буго хӏажатабщинаб къайи-къоноялдалъунги. Централъул хӏалтӏухъабаз сах гьарула лъимаде ругел ва гьебго заманалда захӏматал унтабаз унтарал руччаби. Гьединго кӏвараб кумекги гьабула жидее цӏияблъун кколеб дунялалде рачӏунел гьитӏичазул сахлъиялъеги. Гьабсагӏаталдайин абуни централда буго 500 грамм гурони цӏайи гьечӏеб чанго лъимер. Медиказ бицухъе, гьезул гӏумруялъе щибго хӏинкъараб хӏалги рагӏуларо.\nЦентр хӏалтӏизе байбихьаралдаса араб нусго къоялда жаниб заман щвелалдего гьабун буго 54 лъимерги.\n***\nЦолъизаризе къасд ккана\nГьелъул аслияб мурад букӏана информациязул технологиязулги, прессаялъулги, социалиял сетазулги кумекалдалъун гӏисинабги гьоркьохъебги бизнес цебетӏезабиялъе нухал рати.\nФорум рагьана РФялъул бухьеналъулгун массовияб коммуникациялъул министр Николай Никифоровас. «Социалиял сетаз щулияб бакӏ ккун буго гӏадамазул гӏумруялда. Гӏемерисев чиясул хӏалтӏул къо байбихьула цӏиял харбазухъ халгьабиялдаса. Тӏолабго Россиялда Интернеталъул бухьен гьабун буго «Цифровая экономика» абураб программаялда рекъон. Гьеб гӏумруялде бахъинабулеб буго улкаялъул президентас Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏабалъул бихьизабиялда рекъон. Программаялъул аслияб мурад буго, социалиябгун экономикияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ киналго баянал тарихазулаб къагӏидаялда хӏалтӏизари, ай гьелдалъун нилъер улкаялда цогидал пачалихъалгун къецбан бажарулеблъиги, гражданазул гӏумруялъул шартӏал камиллъулел рукӏинги, экономикиябгун миллияб рахъаз лъидаго бачӏеб улка букӏинги бихьизаби.\nТарихазулаб экономикаялъул суал форумалъул хасаб бутӏалъун бихьизабун буго. Гьелда тӏасан гьабулеб бахӏсги пайдаяблъун лъугьиналда ракӏчӏола дир», — ан бицана гьес.\nФорумалда бицана Интернеталъулги, маркетингалъулги, медиа-сурсатазулги рахъалъ тӏобитӏулеб бугеб пачалихъияб политикаялъул хӏакъалъулъги, гьаруна стратегиял бухьеназул хӏакъалъулъ къотӏи-къаялги. Масала, ДРялъул Печаталъулги информациялъулги министерствоялъги Электроннияб пачалихъалъул экспертнияб централъги гьабураб къотӏиялда рекъон, республикаялъул киналго пачалихъиял сайтазул цогояб информациялъулаб гӏатӏилъи гӏуцӏизе буго, ай Интернеталъул трафикги гӏаммлъизабун, пачалихъиял идарабазухъе киналго баянал заманалда щвезарулеб къагӏида букӏине буго.\nДРялъул «Дир документал» МФЦялъги «Одноклассники» социалияб сеталъги гьабураб къотӏиялда рекъон, машгьурлъизабизе буго МФЦялъул хӏаракат.\nФорумалъул пресс-хъулухъ\n***\nМаххул нухда цӏодорлъи гьабе\nАхираб заманалда маххул нухазда цӏакъго гӏемер кколел руго талихӏкъосарал лъугьа-бахъинал. Гьезул хӏакъалъулъ гӏемераб хъвала газетазда, бицуна телевидениялдасан. Амма ахӏвал-хӏал хисулебго гьечӏо.\nАраб анкьалдаги, нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хӏасилалда, Р. Бекмамбентовас бачунеб машина дандречӏчӏана Адлер-Нижневаторск нухда хьвадулеб поездалда. Лъукъа-къотӏана 15 чи. Машинадул шофер больницаялде ккана. Северияб Кавказалъул маххул нухазул нухмалъиялъулги рахӏатхвезабун буго гьединаб ахӏвал-хӏалалъ. Исана республикаялдаги ккаралъулха микьго гьединабго хӏужа. Гьелъул хӏасилалда хвана лъабго чи.\nХӏурматиял шоферзаби! Нужеца нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хӏасилалда гӏадамал балагьалде цӏалел руго. Гӏедегӏун унел нуж рокъоре щвейги щакаблъун ккезехъин буго. Щай кӏочонеб нуж рокъоре щвеялъухъ балагьун чӏараб хъизан-лъимал рукӏин. Нуж сабаблъун цӏикӏкӏунеб буго цадахъ ругел гӏадамазул гӏумруялъеги хӏинкъи.\nС. Магадов,\nМахӏачхъалаялъулаб регионалъул инфаструктураялъул дирекциялъул начальник"}
{"slug": "418-streptodermiya-tiomol-giuzru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=418-streptodermiya-tiomol-giuzru", "title": "Стрептодермия – тӏомол гӏузру", "date": "2017-09-25 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Лъимер сахлъизегӏан лъедаса цӏунизе ккола\nРиидалил заманалда рахунел цо-цо инфекцияз, хаслихъеги тӏагӏам бахъи гьабичӏого толаро. Риидал ралъдахъа, чорокаб бакӏалдаса, яги хӏутӏаз хӏанчӏун, стрептодермия бахаразул къадар цӏикӏкӏун букӏана шагьаразда. Цӏуна-къай гьабичӏони, риидал унтун рукӏараздецин цӏидасанги бахине рес буго гьебго унти. Стрептодермия ккола тӏомол унти, гьеб бахуна бокьарав чиясде. Амма гӏемерисеб мехалда лъимал унтула. Махӏачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Мухӏамадовалъ бицана стрептодермия жеги тӏагӏун гьечӏин. Хасго лъимал школалде ва ясли-ахазде хьвадизе байбихьаралдаса нахъе, гьеб унти бугезул къадар цӏидасан цӏикӏкӏине лъугьанилан.\nНилъ сабаблъун чияр лъималазде унти бахине тоге\nЦо-цо улбуз стрептодермия унтудаса сахлъанинги ккун, лъимал школалде ритӏула. Амма, эбел-инсул кӏвар гьечӏолъи сабаблъун, цо-кӏиго анкьидасан цогидал лъималаздеги бахунеб буго гьебго унти. Гьединлъидал, эбел-инсуца жидерго лъимал школалде ритӏулелъул, чияр лъималазулги пикру гьабизе ккола. Нилъерго лъимал сабаблъун чияр лъималги унтизарун, гьезул цӏали хвезабизе бегьуларо. Лъимадул тӏомодаса стрептодермиялъул чанхъ нахъе ун батаниги, гьеб бахунеб унтул инкубациялъулаб заман букӏуна 21 къо. Гьеб заман инегӏан, унтул хутӏел чорхолъго букӏуна. Гьединлъидал тохтурзабазул изну гьечӏого ва инкубациялъулаб заман лъугӏидал гурони лъимер школалде битӏизе бегьуларо.\nСтрептодермия лъималазде хехго бахуна. Гьединлъидал дунял багӏарараб заманалда лъимадул лъикӏ халгьабизе ккола, гьелъул тӏомода гьитӏинабгӏаги гӏуж яги ругъун лъугьун батани, гьелда тӏад зеленка ва инфекциял чӏвалеб цогидаб дарман бахине ккола. Тӏомода лъугьараб бокьараб ругънадаса яги кӏкӏараялъ хӏанчӏараб бакӏалдаса стрептодермия яги цогидаб тӏомол унти хехго бахуна лъималазде.\nСтрептодермия бахунеб къагӏида:\n* унтаравгун цадахъ ругони;\n* унтарав чиясухъ букӏараб тӏагӏелалда квер хъвани;\n* инфекция бахине бегьула хӏурудалъунги;\n* кӏкӏарабазгун цогидал рухӏчӏаголъабаз хӏанчӏани;\n* рацӏцӏалъи цӏунулеб гьечӏони;\n* тункун яги хъарсун, тӏомода гӏужал лъугьун ругони;\n* чакрил унти яги кьаралъи бугони;\n* бидул пулазда хурхараб унти бугони;\n* сунда букӏаниги ракӏбакъван, нерваби хун ругони;\n* чорхолъ витаминал гӏолел гьечӏони;\n* иммунитет загӏиплъун бугони;\n* тӏомол цогидаб унти бугони;\n* черх лъикӏ багӏаризабун, хадуб цӏорозе гьабулеб бугони;\n* хъалиян цӏалеб, наркотикал яги гӏаракъи хӏалтӏизабулеб бугони.\nЩайха риидал лъугьунеб?\nГӏадамазда бищунго цӏикӏкӏун гӏетӏ балеб заман ккола рии. Гӏемер гӏетӏ балев чиясул потница (гӏетӏул унти) лъугьине бегьула, тӏомоде тӏаде бараб жоялъул гӏисинаб чанхъги лъугьуна. Гьел гӏисинал гӏужазде стрептококкалъул бактерия ккани, гӏетӏгун жубан, стрептодермия унти хехго лъугьуна.\nСтрептодермия унти бахарав чиясул тӏом бакъвараб гӏадин лъугьуна. Цо-цоккун раккула багӏарал гургинал тӏанкӏал. Цо яги чанго кӏудиял къучӏби лъугьинеги бегьула. Гьелдаса хадуб гьел рукарула ва унтула, цӏа-кан бахуна. Тӏомода лъугьарал гьорорал къучӏбузда аскӏор лимфоузлаби кӏодолъизе бегьула.\nСтрептодермия байбихьудаго ветрянкаялда релълъараб букӏине бегьула. Ветрянка бугони, тӏомода лъугьарал къучӏбузулъ хьверд букӏуна, ва гьел, квер хъваницин, бигьаго рихъун уна. Стрептодермия бугони, тӏомода лъугьарал къучӏби къвакӏарал рукӏуна.\nСтрептодермиялъул бактерияз лъугьинаризе бегьула бронхит, ангина, пневмония, менингит, скарлатина ва цогидалги унтаби.\nГӏемерисел тӏомол унтаби стрептококкалъул бактерияздалъун лъугьарал рукӏуна.\nСтатистикаялъул баяназда рекъон, щибаб 50-абилеб лъимер стрептодермиялъ унтула.\nСтрептодермия лъугьине бегьула кӏиго батӏияб къагӏидаялдалъун: тӏоцебесеб къагӏидаялъул стрептодермия лъугьуна тӏомода лъураб гӏужалда тӏаде стрептококкалъул бактерия ккун. Кӏиабилеб къагӏидаялъул стрептодермия лъугьуна ветрянка, экзема, герпесалъул вирус ва цогидалги тӏомол рахунел унтаби ругони.\nСтрептодермиялъе цӏакъ бокьула лъим. Гьединлъидал риидал, гӏадамазда гӏетӏ балеб заманалда, гьеб унти хехго тӏибитӏула. Гӏемерисеб мехалда унти лъималазде бахуна, щайгурелъул гьезул иммунитет загӏипаб букӏунелъул. Гьитӏинал лъималазул гьурмада, ай кӏалалда сверун ва мегӏералда гъоркь лъугьуна стрептококкалъул къучӏби. Дагь-дагьккун гьел къучӏби рукӏараб бакӏалда тӏогьилаб чанхъги чӏвала. Кӏал ва мегӏер чвахулел лъималазул гьеб унти сахгьабизе захӏмалъула. Стрептодермия тӏибитӏичӏого букӏинелъун тӏомода лъим хъвазе бегьуларо, гьединлъидал ахирисеб чанхъ бортизегӏан лъимер чвердезабизе гьукъула тохтурзабаз. Чороклъун бугони, полотенцаялъ бацӏцӏине ккола. Стрептодермия цӏакъ букаризабулеб унти буго. Букарараб бакӏ хъасани, стрептококкалъул бактериял цереса цере уна.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "419-kver-tsebe-kkarasul-tsag-ur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=419-kver-tsebe-kkarasul-tsag-ur", "title": "Квер цебе ккарасул цагъур", "date": "2017-09-25 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Зулмуялъ гӏуцӏараб колхозалъ гӏадамал гӏорцӏизаричӏо\n1917 соналъул анкьабилеб ноябралда Россиялда инкъилаб бергьана. Гьелъ хисизабуна дунялалъулго гьумер, нилъер пачалихъияб гӏуцӏи ва гӏадамазул гӏумру. Совет хӏукуматалъул заманалда букӏараб гӏумру жакъа цояз беццула, цогидаз какула. Хӏисаб гьабидал, советияб гӏуцӏиялъул рукӏана гӏемерал лъикӏал рахъалги гьелдаго цадахъ квешалги. Гьездаса ккола мугӏрузул районазул росабалъ зулмуялдалъун колхозал гӏуцӏизе тӏамиги. Гӏаммал магӏишатал гӏуцӏулаго, совет хӏукуматалъ рекьарухъабазул интересал хӏисабалде росулел рукӏинчӏо, гьединго цӏехолароан колхозал гӏуцӏизе гьечӏел бакӏалъулал шартӏал. Дагъистаналъул шартӏазда «жидеего бокьун» колхозазде лъугьиналъул, гӏемерисеб мехалда, букӏана гьадинаб къагӏида: районалдаса вачӏарав хӏакимас, столалда тӏад таманчаги лъун, контораялде ахӏарав векьарухъанасда гьикъулаан: «Дуе колхозалде лъугьине бокьун бугищ?» — абун. Гьечӏин жаваб кьуни, гьабизе бугеб тамихӏалдаса хӏинкъун, векьарухъанас колхозалъе кьолаан жиндирго буголъи. Гьедин, Буйнакск округалдаса Бекмурзаца, «жиндиего бокьун», колхозалъе кьуна гӏи-цӏцӏаназул 2500 бетӏер, 35 чӏегӏерхӏайван ва 14 чу.\nДагъистаналда гӏаммал магӏишатал гӏуцӏун лъугӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел соназда: гӏаммлъизабуна ракь, хӏалтӏул хӏайванал ва росдал магӏишаталъул алатал. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналда гӏуцӏарал колхозазул гӏаммаб къадар 1170-ялде бахана, цолъизавуна 175,5 азарго живго жиндаго чӏун магӏишат гьабулев вукӏарав чи.\nЗулмуялдалъун гӏаммал магӏишатал гӏуцӏулаго, кулаказул класс тӏагӏинаби лъугьана рекьарухъабазе унго-унгояб балагьлъун. Щайгурелъул, «кулаказулинги» абун, тӏагӏинабуна 5591 цебетӏураб магӏишат, Дагъистаналдаса къватӏире ритӏана гӏемерал хъизамал. Гьелъул хӏасилалда цӏакъго нахъе ккана республикаялъул росдал магӏишат, хӏатталдаса ун мискинлъана рекьарухъаби ва гӏи-боцӏухъаби.\nГьаниб бокьун буго Шамил районалъул нижер Гьентӏа росулъ колхоз гӏуцӏиялъул хӏасилалда гӏадамаз чӏамизе ккараб гӏакъуба-гӏазабалъул дагьабго бицине.\n1936 соналда росулъ гӏуцӏана «Гьалмагълъи» абураб гӏаммаб магӏишат. Гьелъул председательлъун тӏамуна Голомухӏамад. Гӏи-боцӏи гӏаммлъизаби тӏадкъана Нурмухӏамадов Алхасида. 1938 соналда «Гьалмагълъи» магӏишаталъул кьучӏалда Стахановасул цӏаралда гӏуцӏана колхоз. Гьелъул председательлъун тӏамуна Давудов Хирамухӏамад. Гӏаммлъизабуна росдал чагӏазул гӏи-боцӏи. 1939 соналда райкомпартиялъул вакил, Чӏохъа Мирза-Бутайица, лъикӏаб, квешаб бицун, хӏинкъизарун гӏадамалгун, гӏаммлъизабуна росдал кинабго ракь, колхозалъе кьезабуна хур-хералъе хӏалтӏизабизе къваригӏунеб магӏишаталъул къайи. Гьелъие инкар гьабурасухъа гьеб хӏалица бахъулаан. Ракь, кулал, гӏи-боцӏи, гӏанкӏу-хӏелеко, ай кинабго гӏаммлъизабуна. Лъицаго цӏехолеб букӏинчӏо хважаинасул разилъи, унго-унголъунги гьеб букӏана гӏадамазда тӏад гьабулеб зулму. Колхозалдаса инкар ккурав чи, совет хӏукуматалъул тушманиланги абун, хӏакъир гьавулаан, сундуего квалквал гьабулаан. Амма цо-цояз батӏи-батӏиял хӏиллаби ургъулаан гьелдаса рорчӏиялъе. Масала, Нацӏбаро абулев чияс жиндирго боцӏи балъго хъуна.\nКолхозалъе хӏалтӏун, моцӏрол ахиралда кьолеб харж букӏунароан, захӏматкъо хъвалаан. Гьеб букӏана халалъи-гӏеблъи, бакӏлъи-роцен гьечӏеб колхозалъул бригадирасул тӏанчида хӏалтӏухъанасул цӏаралда цебе лъураб цо хӏучч. Масала, лъабго километралъул манзилалда колхозалъул хурибе ракул микьго гьир щвезабуралъухъ, чӏужугӏаданалъе цо хӏалтӏулкъо хъвалаан.\n1944 соналда хӏукуматалъ Ракьуб росдал гӏадамал хӏалица гочинаруна Чачаналде, гьезул ракьул цо бутӏа кьуна Гьентӏа росдал колхозалъеги. Къого километралъул манзилалда Гьентӏаса Ракьубе мугъалъ баччун кӏиго къали (24 кг) хьодул яги, гъажалда лъун, пуруц-рукь щвезабуралъухъ кӏиго хӏалтӏулкъо хъвалан.\nГӏухьбилъун хӏалтӏулел рукӏараз бицана, масала, Мала Насрудиница абун бугила гӏухьбиги рикӏкӏани, хварал дунялалда гӏемер ратилин абураб жо нижер хӏакъалъулъ абураб батилин.\nМагӏарда гӏияда ругел чагӏазул гӏумру зодикь уна. Гӏиял завфермаясги вачӏанщинахъе, килищ бахъун халгьабулаан нижер суркӏа-хьагалда жаниб кьаралъиялъул лъалкӏ бугищали ва щибаб нухалда хӏинкъиги кьолаан колхозалъул гӏи хвани, дица нужеда Сибирь чӏамизабизе бугин.\nЛъагӏалил хӏалтӏул хӏасил гьабун, кьолаан колхозчагӏазе хӏалтӏулкъоязухъ мухь. Рагъул соназда цо хӏалтӏулкъоялъухъ колхозчиясе щолаан щуго кило ролъул, цо кило картошкадул, 250 грамм нахул ва 30 капек. Дояркабазулги гӏухьбузулги букӏунаан 200-300, гьоркьохъев колхозчиясул 100 хӏалтӏулкъо.\nКутак букӏунаан, «Коммунизм гӏуцӏулел кӏвахӏтун хӏалтӏизе ккола» абун, партиялъ ва комсомолалъ гьабулеб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏулги. Гӏадамал хӏалтӏулаан къасиги къадги. Бригадабазда, звеньябазда гьоркьоб социалистияб къецбан, колхозникал хӏалтӏизе тӏамулаан. Бергьаразе кьолаан Багӏараб байрахъ ва Хӏурматалъул грамота. «Маарухъ» колода гӏолохъанруччабаз колхозалъе хер бецулеб букӏана. Бригадир вукӏана рагъул гӏахьалчи. Дунял рогьиналде гьес руччаби къватӏире рахъинарулаан, кваназе бихьизабураб заман букӏана бащдаб сагӏат. Къадекваназе ва какал разе цо сагӏат кьолаан. Бакъ тӏерхьинегӏан хер бецулаан, бакъвараб хер чанго километралъ баччун, фермаялде щвезабулаан. Гьениб цӏалаан, гьелда рекъараб хӏалтӏулкъоги хъвалаан. Рукӏкӏиндал, щолаан рокъоре ва байбихьулаан рокъоса гӏебеде жидерго хӏалтӏи гьабизе. Гьелдаса хадубги хӏухьбахъи гьабизе кидаго гуро щолеб букӏараб. Руччаби хӏалтӏулаан къасиги къадги, амма лъицаниги цӏехолароан мун квананищин, лъималазе къварилъи бугищин. Нахги гьанги колхозчагӏазе къанагӏатги щолароан, бихьизабураб планалда рекъон, учузаб багьаялде нигӏматал пачалихъалъе кьезе тӏамулаан. Гӏурусазул аби буго, кодоб кагъат бугони, мун чи вугин, гьечӏони — чӏобояб бакӏ вугин. 1975 соналде щвезегӏан колхозниказе паспортал кьолел рукӏинчӏо. Гьединлъидал колхозчиясул рес букӏинчӏо я колхозалдаса нахъе ине, яги цоги бакӏалде хӏалтӏуде лъугьине, ай гьев вукӏана колхозалда вухьун. Паспорт щвезе ккани, къваригӏунаан колхозалъул председателасул гъолбасараб справка, гьеб кьолароан, ай бокьаниги-бокьичӏониги чӏамизе кколаан колхозалъул щибаб къойилаб зулму. Къаси-къад чӏечӏого, гӏетӏ тӏун хӏалтӏи гуреб, колхозчиясул киналгӏаги ихтиярал рукӏинчӏо. Пуланаб гӏиллаялда бан, колхозчи хӏалтӏуде вахъинчӏони, гьесул гьороса хер бахъулаан яги цо чанго хӏалтӏулкъо гъоркь кколаан. Гьеб тӏекълъиялда дагӏба бан, гӏарзалъ ине бакӏги букӏинчӏо.\nТӏад лъурал налогазги гъанкъулеб букӏана халкъ. Гьединлъидал лъабго гӏака бугев чи къанагӏатги вукӏинчӏо, цо гӏиялъажо бугесухъа кӏиго тӏом тӏалаб гьабулеб заман букӏана.\nХӏукуматалъ колхозчагӏи хӏакъир гьарулел рукӏараб къагӏидаялъул бицунеб цоги мисал бачина. Щуго-анлъго сон барав чи вукӏун ватила дун, цо гьадинаб иш ккараб мехалда. Сордо бащалъараб заман букӏана. Двангъи-гӏанхъиялъул сасалъухъе ворчӏана. Тӏаде вахъиндал, кварица бухьараб гӏака цебесан цӏалей эбелги йиго, хадуб тункун, кьабун, гьеб цебе къотӏулев инсул гьитӏинав вацги яцги руго. Гьениб, бохдузда гӏарщги бан, гӏака гӏодоб лъуна ва тӏаде турталги рехун, бахчана. Нужеца гьелъие гьабулеб щибилан цӏехедал, эбелалъ абуна: «Боцӏи хъвазе метер советалдаса чагӏи рачӏине руго, гьездаса бахчулеб буго», — ян.\nДагьабго эркенлъи щведал, колхозчагӏазда чӏалгӏана тӏасаго унареб мискинлъи, ракӏбуссана гӏаммаб магӏишаталдаса. Гьелъул хӏасилалда, тӏубанго чӏунтана кулал, харибакӏазде сверана хурзал, чӏороголъана мугӏрул, хӏалтӏудаса нахъе кӏанцӏун чӏана гӏадамал. Жакъа гӏи-боцӏи хьихьизе киб гурин, минаялда цебе бугеб ахикь хӏалтӏизецин бокьулеб гьечӏо. Гьересияб инвалидлъиги гьабун, шагьаралдаса рачӏарал нигӏматалги кун, сериалазухъги балагьун, пачалихъги какун, кепалда гӏумру тӏамулел руго гӏолилал. Гьебги буго хӏалица колхозал гӏуцӏизе тӏамиялъул ккараб квешаб хӏасил, росдал магӏишаталдаса ракӏбуссинабураб халкъ хӏалтӏудаса нахъе кӏанцӏиялдалъун кколеб балагь.\nНури Нуриев,\nМакъала хъвалаго, пайда босана Мухӏамад Алхасовасул «Гьентӏа росдал тарих ва гьанжесеб заман» абураб тӏехьалдаса."}
{"slug": "433-uchitelasul-bakialda-robot", "url": "https://hakikat.info/?nationals=433-uchitelasul-bakialda-robot", "title": "Учителасул бакӏалда – робот", "date": "2017-09-29 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Улкаялъул цӏалдохъабазда малъулеб буго робототехника\nГӏумруялъул киналго рахъазда хӏалтӏизарулел руго роботал. Батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏухъабазул бакӏалда роботал хӏалтӏизаруни, кинабго иш камиллъизе бугин рикӏкӏуна экспертаз. Хисилищ школалъул учитель роботалъ? Гьеб суалалда тӏасан бахӏсал тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял информалатазда.\nГьелда бан загьирлъулел руго батӏи-батӏиял пикрабиги. Масала, Букингемалъул университеталъул вице-канцлер Энтони Селдоница абулеб буго, искусственнияб интеллект бугел ва щивав цӏалдохъанасул бажари-лъаялда рекъон хӏалтӏун бажарулел роботаз кватӏичӏого учителасдаса инкар гьабизе тӏамизе ругин. Машгьураб Силиконалъулаб расалъиялда гьабсагӏат хӏадурулел руго хасал программаби. Гьезда рекъон, роботазда лъазе буго цӏалдохъабазул гьурмада разилъи яги разилъунгутӏи бугищали лъазабизе ва щивав цӏалдохъанасе дандекколеб программаялда рекъон хӏалтӏизе.\nРоботаз хисизе бегьула классалда цеве эхетарав учитель гуревги тӏолабго школаги. Щайгурелъул цӏалдохъанасе рес щвезе буго, рокъов вукӏаго, роботасул дарсида гӏахьаллъизе. «Гьелдалъун дунялалъул щибаб улкаялъул гӏолиласда бажаризе буго Итоналъул яги Веллингтоналъул университеталъул даражаялъул лъай босизе. Щивасул вукӏине вуго махщел камилав, ай бищун лъикӏав учитель», — ан абуна сэр Энтоница. Амма учителасеги бакӏ камиларинги тӏаде жубана гьес: педагог хутӏула гӏицӏго нухмалъулев, тарбиячи хӏисабалда. Гьес роботалдаги малъизе буго цӏалдохъангун гӏаммаб мацӏ батулеб къагӏида.\nРехсараб технологиялъул хӏалбихьиял гьарулел руго СШАялда. Экспертазул баяназда рекъон, роботал-учительзаби хӏалтӏизе байбихьизе руго техникиялги тӏабигӏиял гӏелмабиги малъулел классазда. Хадубккун гьезухъе «кьезе» руго гуманитариял классалги. Россиялда гьарурал цӏех-рехазда рекъон, 2024 соналде щивав ункъабилев россиялъулав хутӏизе бегьула хӏалтӏи гьечӏого. 2026 соналде роботаз хисизе руго Канадаялъул хӏалтӏухъабазул 40 процент ва 2035 соналде – Япониялъул хӏалтӏухъабазул бащалъи.\nХӏалбихьиязул церехъаби\nЯпониялда хӏадурун вукӏана робот-учитель. Гьесда лъун букӏана Сая абун цӏарги. Гьев хӏалтӏулаан байбихьул школалда ва гьесухъа загьир гьабун бажарулаан рохел, хӏинкъи, пашманлъи, ццин, рокьукълъи, гӏажаиблъи, ва Сая гьимулаан. Гьединаб хӏалбихьиялъе кьучӏлъунги ккана учительзаби дагьлъун рукӏин. Амма гӏалимзабазда бичӏчӏана, школалъул чанги рахъазда роботалъул пайда бугониги, чӏагояв инсан-учитель гьелъ хисун бажарулареблъи. Гьелъие руго чӏванкъотӏарал гӏиллабиги.\nПрограммаялда рекъезабураб ахӏвал-хӏалалда гурони бажаруларо роботалъухъа хӏукму гьабун. Роботалъул пагьму букӏунаро ва гьединаб ишалъе къимат кьезеги гьелъие захӏмалъула, масала, сурат бахъиялъе, кечӏ пасихӏго рикӏкӏиналъе. Гьебго заманалда, артистлъи, цӏияб жо лъазе гъира, цо щиб букӏаниги жо цебетӏамизе бажари – гьединал гӏамалал хасиятал руго гӏицӏго чӏагояв чиясе ва гьел гьечӏеб цӏали гӏуцӏунги бажаруларо. Роботазухъайин абуни, гьединал гӏамалазе къимат кьезе малъун бажаруларо, кинабгӏаги программаялъулъе гьел хасиятал ккезаризеги кӏоларо.\nХъвавулги кӏалзулги гьунар цебетӏезаби, жамгӏияталда цеве кӏалъазе бажари, чиясухъ гӏинтӏамизе бажари – гьелги руго инсанлъун цӏалдохъан куцаялъе кӏвар бугел гӏаламатал. Техникиял алатал гӏемерлъаниги, чӏагояб каламалъе лъимер ругьунлъула инсанасулгун гара-чӏварулаго. Гьелъие хӏажатал гӏамалал малъунги бажаруларо роботазухъа. Психологазги абулеб буго, инсанасда лъикӏ ракӏалда чӏолила, учителас бицараб хабаралдасаги, дарсида букӏунеб гьесул хьвада-чӏвадиги, эмоциялги ва гьезулги кӏудияб кӏвар букӏунила пуланаб дарс бокьиялъе яги бокьунгутӏиялъе."}
{"slug": "440-sakhal-tsabi-bertsinab-gimi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=440-sakhal-tsabi-bertsinab-gimi", "title": "Сахал цаби – берцинаб гьими", "date": "2017-09-29 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гӏусал хвечӏого рукӏине ккани, гьезда хадуб хъулухъ гьабизе ккола\nЩай цаби хехго холел? Лъагӏалида жаниб чан нухалда хисизе кколеб цаби чурулеб щетка? Къаси-къаси цаби, чуричӏого, хулун тезе бегьуларищ? Стоматологазул пикруялда рекъон, гӏемерисез, цабзазда хадуб хъулухъ гьабулелъул, гъалатӏал риччала. Гьединлъидал гӏемер дандчӏвала 50 сон балелде цабзазул бакӏалда протезал яги имплантал лъурал, гьитӏинаб къоялдаса нахъе цаби-гӏусазул тохтурасухъе гӏемер хьвадарал гӏадамал. Кинха протезазул кумекалде ккеларедухъ цаби-гӏусазда хадуб хъулухъ гьабилеб?\nСтоматологазул пикруялда рекъон, цаби-гӏусал хехго хвеялъе гӏиллалъун буго цабзазда хадуб хъулухъ гьабизе лъангутӏи ва, гьел рацӏцӏад гьарулелъул, риччалел гъалатӏал.\nКванан хадуб чури\nКванан хадур цаби чуриялъ зарал гьабула гӏусазе. Кванилъ рукӏунел кислотабаз гӏусазул эмаль тамах гьабула. Кванан рахъиндал, гьедингоги кваница тамах гьабураб эмаль щеткаялъги лъулъани, гӏусал хехго хола. Амма кванан хадуб бащдаб сагӏаталдасан, квенгун кӏалдибе бачӏараб кислота, хӏацӏугун гъорлъ жубан, рукӏалиде ккола, гьединлъидал кванан хадуб бащдаб сагӏаталдасан гурони цаби чуризе бегьуларо.\nКъасимехалъ цаби чуричӏого тей\nКъаси кьижилелде цере чуричӏого теялъ цабзазе кӏудияб зарал гьабула. Кьижилелде цебе гӏусазда гьоркьоб кванил хутӏел хутӏизе бегьуларо, гьеб буго кариес ва цогидал унтаби рижизарулеб жо. Кӏал хулунинги абун кӏалдиса киналго бактериялги лъугӏуларо.\nЦаби чурулелъул, щетка гӏебедехун лъулъазе бегьуларо, гьелъ дабал унтизарула, ва цаби рагӏа-ракьанде щун рацӏцӏалъуларо. Гьоркьоса кинабго чороклъи нахъе гьабизе ккани, щеткаялъ цересаги нахъасаги киса-кирего чуризе ккола цаби. Чурулелъул, щеткаялде хӏал биччазе бегьуларо, гьелъ цабзаздаса эмаль нахъе инабизе бегьула.\nЦаби чурулеб алаталъе рацӏцӏалъи\nЦаби чурулеб щетка хисизе ккола лъабго моцӏида жаниб цо нухалъ. Гӏемер хӏалтӏизабураб щеткаялъул «расал» ричӏула, ва гьенир гьоркьоре микробал ракӏарула. Кигӏан щетка чураниги, гьелда гьоркьоса микробал тӏагӏинарун бажаруларо. Амма, дабал унтун ругони, ялъуни бактериязулаб инфекциялъ унтани, гьеб унтудаса сахлъарабго, цаби чурулеб щеткаги нахъе рехизе ккола.\nЦаби рацӏцӏунеб квар\nЦаби хехго хвезе бегьула, гьел рацӏцӏунеб квар хӏалтӏизабулеб гьечӏони. Цаби рагӏа-ракьанде щун рацӏцӏад гьарулел гьечӏони, гьезда гьоркьоб «цабзазул гамачӏ» лъугьине бегьула. Гьединго цаби рагӏа-ракьанде щун рацӏцӏад гьаризе кумек гьабула ирригаторалъ (лъим речӏчӏизабун, цаби гьоркьоса рацӏцӏад гьаризе хӏалтӏизабулеб аппарат). Щетка ва цабзазул квар щолареб бакӏалде лъел тӏеренаб чӏва речӏчӏизабуни, цабзазда гьоркьор бактериял хутӏуларо, кӏалдиса рокьукъаб махӏ бугони, гьеб тӏагӏинабула, дабаздаса би бачӏунеб бугони — къотӏизабула.\nХъахӏ гьарулеб паста\nЦаби хъахӏ гьарулел пастаби гӏемер хӏалтӏизаризе бегьуларо. Гьединал пастабазулъ рукӏуна химикиял жал, ва гьез цабзазда тӏад чӏвараб кьер тӏагӏинабула. Гьединал жал гъорлъ бугеб паста гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏизабулеб бугони, гьелъ сахал цабзазулги эмаль хвезабизе рес буго. Хъахӏ гьабулеб пастаялъулъ букӏуна водородалъул перекись, карбамид ва цогидалги химикиял жал."}
{"slug": "441-giortsiarasda-vak-arav-vichichiularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=441-giortsiarasda-vak-arav-vichichiularo", "title": "Гӏорцӏарасда вакъарав вичӏчӏуларо", "date": "2017-09-29 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Халкъалъул масъалаби — хӏакимзабазе тӏохде балеб цӏад\nЦӏалдолез «Хӏакъикъаталъул» «Рекӏел ахӏиялде» гӏарзал хъваялъе аслияб гӏилла ккола, бакӏалъулал хӏакимзабазухъа кумекги щвечӏого, гьабизе жо тӏагӏиндал, балеб ахӏи. Цӏалдолезул масъалаби ва гьез рорхулел гӏемерисел суалал росдал бегавулас яги районалъул бетӏерас бакӏалдаго тӏуразе ккола. Амма мискинчиясул гӏарзаялъухъ гӏенеккулев, гьесул масъалаби тӏаде росулев хӏакимчи, къад чирахъ бакун валагьаниги, къанагӏатги ватуларин хъвалеб буго гьел кагътазда. Гӏадатияв чиясул разиго квер босулев, недегьго гьесул бадиве валагьулев чи халкъалъе хъулухъ гьабизе таразда гьоркьов къанагӏалъун вуго, гьел жидеего щолеб-толеб жоялда хадур лъугьун, гӏадамазул масъалабазде регӏулел гьечӏо.\nУнсоколо росулъа 80 сон барав захӏматалъул ветеран, пенсионер Нурмухӏамадов Мухӏамадзагьидица хъвалеб буго: «Гьаб соналъул март-апрель моцӏаздаса нахъе нижее щвечӏо хӏукуматалъ захӏматалъул ветераназе кьолеб букӏараб 500 гъуруш, бицунеб буго, гьеб тӏубанго къотӏизабулеб рагӏулинги. Гьари буго, гьеб кьогӏаб хабар битӏараб бугищали лъазабе», — ян.\nДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялдаса щвараб баяналда рекъон, гьеб 500 гъуруш буго транспорталъухъ кьезеян ветераназе гьабулеб бигьалъи. Хӏукумат мискинлъун букӏиналда бан, кватӏулеб гьеб Москваялдаса гӏарац бачӏарабго, щвезе буго.\nХадубги Мухӏамадзагьидица хъвалеб буго: «Ниж, захӏматалъул ветеранал, ахӏун рукӏана Унсоколо район гӏуцӏаралдаса 80 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб данделъиялде. Кӏалъаязда хӏакимзабаз бицана районалда бугеб лъабго пихъил консервазул заводги художествияб комбинатги хӏалтӏунгутӏиялъе ругел гӏиллабазул хӏакъалъулъ. Районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасухъе чӏахӏияб гӏелалъул вакилзаби ун рукӏана, художествияб комбинаталъул хӏалтӏигӏаги рукӏалиде бачеян гьарун. Ниж гӏадада ккана, комбинаталъул директорлъун вукӏарав Гӏабдулмуминов Ахӏмадица гьелъул приватизация гьабун батанила, гьелда гьабизе кӏолеб жо жинда букӏунарин абуна районалъул бетӏерас.\nДагьаб цебе районалде вачӏарав республикаялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповасда Гӏабдулмуминовас гӏарз гьабун буго, комбинаталда 60 чи хӏалтӏулев вугин, амма жиндие хӏукуматалъул кредитал кьолел гьечӏин абун. Жакъа комбинаталъул ракьалда хӏайваналги хьихьун йигей цо яс гурони гьенив чи вихьуларо. Лъазе бокьилаан, гӏадамазе хӏалтӏи чӏезабиялъе гьабулеб ишалъе замангойищ хӏакимзабазда батуларебали. Ругел завод-фабрикал хӏурудахъ риччай, хӏалтӏи гьечӏого ругел гӏадамазда аскӏоб гьабулеб такъсирчилъи кколарищ?»\nМухӏамадзагьидица борхулеб буго, Унсоколо районалъе гуребги, республикаялъего кӏвар бугеб суал. Амма квеш ккараб жо буго гьелъие жаваб кьолев чи ватулеб гьечӏолъи.\nХасавюрт районалъул Тӏукитӏа росулъа Мухӏамадрасулов Мухӏамадзагьидица хъвалеб буго: «1944 соналда Тӏукитӏа росдал гӏадамал хӏукуматалъ хӏалица гочинаруна чачаназул Даргъо росулъе. Гьениб нижеца 13 соналъ гьабуна гӏумру. Гьениб ругьунлъараб халкъ 1957 соналда гочинабуна лъарагӏлъиялда бугеб «Къамиш хъутан» абулеб бакӏалде. Бана росу, гӏуцӏана цебетӏураб колхоз. 90-абилел соназда кинабго хӏурудахъ ана, биххана гӏаммаб магӏишат. Росдал чӏухӏилъун хутӏана 1989 соналда бараб цо мажгит. Гьеб хӏалтӏулъ цӏакъ кӏудияб бутӏа лъуна Тюменалда жиндирго кооператив гӏуцӏарав Гӏумархӏажи Мухӏамадовас, гьес рачӏана мажгиталъур тӏамизе тӏансабиги. Гьесго бана, Хасавюрт районалдаго гьечӏеб гӏадаб берцинаб, лъабтӏалаяб мадраса, къачӏана мажгиталдаги мадрасаялдаги сверухъ бакӏал, гьенир лъуна чирахъал.\nРосулъ цӏакъ къанагӏалъи букӏана гьекъолеб лъел. Цӏияб артизианги бахъун, Гӏумархӏажияс жамагӏаталдаса гьеб къварилъиги тӏаса босана.\nРосу бакьулъ бугеб клубги, амбулаторияги, Ватӏаналъул рагъул гӏахьалчагӏазул памятникги рукӏана басралъун. Рагъул гӏахьалчи Ахӏмадил Хӏажил вас Зубаирица, киналго харжалги жиндего тӏаде росун, берцинго къачӏана памятник, киналго учреждениязда сверухъ лъуна маххул чали, паркалда — цӏиял хьонбакӏал, къачӏана клуб, амбулатория, жанисанги къватӏисаги цӏигьабуна спортзал.\nРосулъ гьечӏо ясли-ах. Гьелъие бихьизабун букӏана колхозалъул букӏараб мина. Росдал бегавуллъун вукӏарав Пахрудиновас, районалъул бюджеталда хъвачӏого, ясли-ах къачӏазе балагьун букӏана лъабго миллион гъуруш. Лъебергогӏанасев чиясе хӏалтӏи букӏунаан гьеб рагьун хадуб. Жидерго счеталде бачӏун хадуб, районалъул тӏалъиялъ гьеб гӏарцуда тӏад квер лъуна, гьединлъидал росулъ ясли-ах рагьиялда нижер букӏараб хьул хӏорго хутӏана.\nРес бугел чагӏаз росдае гьабгощинаб хӏалтӏи гьабулеб мехалъ, кибха бугеб Хасавюрт районалъул тӏалъи, щиб кумекха гьелдаса нижер жамагӏаталъе щвараб? Районалъул бетӏерасдацин лъаларо нижер росу бугеб бакӏ», -ан.\nАхираб заманалда редакциялде гӏемер рачӏунел руго Октябралъул инкъилаб бергьаралдаса 100 сон тӏубаялда хурхун хъварал кагътал. Гӏемерисел руго чӏахӏияб гӏелалъул чагӏазе хъварал. Гьелги руго советияб улка гӏуцӏарал, рухӏалда барахщичӏого улка цӏунарал, рагъдаса хадусел соназда чӏунтараб халкъияб магӏишаталда рухӏ речӏчӏизабулаго гӏакъуба бихьарал бахӏарзал. Кагътазда цӏакъ ракӏунтун кӏварбуссинабулеб буго захӏмат бихьун гьабураб халкъияб магӏишат ва буголъи жакъа я пачалихъалъул, я халкъалъул ургъел гьечӏел цо-цо чукъбуз чурхъулеб букӏиналде. Гӏемерисел кагътазда бицунеб буго, хӏуригаталъул тӏоцересел моцӏаздаса байбихьун, советияб улка цӏунизе къеркьолел рукӏарал нилъер умумузул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Масала, Гъизилюрт шагьаралдаса Ахъбердиев Тӏалхӏатил кагътида бицунеб буго 1917 соналъул 25 октябралда «Зимний дворец» бахъиялъулъ гӏахьаллъарав, Октябралъулаб революциялъул орденалъе мустахӏикълъарав Хунзахъа Мухӏамад Дибирчуевасул хӏакъалъулъ.\nХунзахъ районалъул Бакьайчӏи росдал хъутаналдаса Пирова Раисатица ва Мухӏамад Нухӏовас редакциялде битӏун бачӏун буго гӏияда вукӏарав 10 сон барав Ахӏмад авлахъалда вухӏун ватидал гьабураб кечӏ. Магӏнаялъул рахъалъ загӏипаб букӏиналъ, гьеб газеталда бахъичӏо.\n«Хӏакъикъат» ккола республикаялъул газета ва гьенире ритӏулел макъалаби рукӏине ккола цӏалулезе пайдаял, гьел ургъизе тӏамулел, гӏакълу щолел, кучӏдулин абуни пасихӏал, камилго хъварал. Лъикӏаб букӏинаан хадубккун нижехъе хъвалел макъалаби, гӏаммал рагӏабазул ва пикрабазул гурел, гӏемерал мисалаздалъун берцин гьаруни.\nМахӏачхъала шагьаралда гӏумру гьабун вугев Сиражудин Шамсудиновасул «Лъалареб жо бицун, гӏайиб гӏунтӏизабуге» абураб бетӏералда гъоркь хъвараб кагътида буго: «Ахираб ункъо соналда жаниб берцинлъун бачӏунеб Махӏачхъала бихьидал вохула дун. Ралел руго 10-12 тӏалаял цӏиял минаби, къачӏалел руго гӏадамазе хӏухьбахъиялъе къваригӏунелщинал бакӏал, парказда хӏалтӏулел руго шахматал-шашкаби хӏазе рукъзал, лъималазе рагьун руго гӏемерал расанкӏаби жанир ругел майданал. 2016 соналда рагьун буго 1364 бакӏ жаниб бугеб 12 лъималазул цӏияб ах ва 4260 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 12 школа.\nДагъистаналъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповасул нухмалъиялдалъун, киналго районазде щун, халкъалъул гӏолелги гӏоларелги рахъал ралагьулел руго хӏакимзабаз. Районаздаги росабалъги рагьун руго цӏиял лъималазул ахал, спортзалал, больницаби, школал. Гьеб кинабго буго Гӏабдулатӏиповасул хасаб программа гӏумруялде бахъинабиялъул баракат. Халкъалъе хадубги хъулухъ гьабиялда тӏад ургъулев вуго хӏалчӏахъад. Цо-цоязе гьев рихун вуго, щайгурелъул, гьесул амруялдалъун риххизаридал, нухалги къварид гьарун, изнуго гьечӏого, рарал минабиги заправкабиги, нухазда рарал минабаздеги ирга щвелеб батила гьесул. Гьеб лъикӏаб хӏалтӏи киназего гуро дандекколеб бугеб, кколел руго гьев какулелги».\nСиражудинго гӏадин рази руго гӏемерисел Рамазанил хӏалтӏудаса. Дагъистаналъул бюджеталъулаб гӏарацги бикъун, бечелъун букӏараб агьлуялъул рачӏчӏалда тӏад мал чӏана гьес. Хӏалтӏизе тӏамуна «бакъ аги, къо аги, Москваялдаса бачӏунеб гӏарац тӏагӏунгеги» абун гӏумру тӏамулел рукӏарал районазул бутӏрул. Сундухъго балагьичӏого, хӏалтӏудаса рахъана, хӏалтӏи лъаларел, лъаниги, гьабуларел, хӏукумат бикъулел гӏемерал хӏакимзаби. Хӏамица гӏундул кӏирикӏунин абун, бацӏ хӏинкъуларо, къаси-къад чӏечӏого, Дагъистан цебе бачине Рамазаница гьабулеб бугеб хӏалтӏи бихьулеб буго нилъеда.\nНури Нуриев"}
{"slug": "442-shigirabazul-g-asda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=442-shigirabazul-g-asda", "title": "Шигӏрабазул гъасда", "date": "2017-09-29 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Анищалгун рокьи магӏарухъ буго\nМагӏарулазда Къурбан Кӏулизанов лъала кочӏохъан хӏисабалда. Гьаб нухалдайин абуни, Махӏачхъалаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялде данделъун рукӏана Къурбанил шигӏрабазул гъасде. Данделъун рукӏана шигӏрабазухъги цӏалдолез гьезие кьолеб къиматалъухъги гӏенеккизе гьесул гьудул-гьалмагъзабиги, магӏарул адабиятгун маданият бокьулел миллатцоялги, студенталги, журналисталги, шагӏирзабиги.\nКъаси кьижаниги, къад вахъаниги,\nСапаралъ аниги, тӏадвуссаниги,\nДунял сверулаго, сонал аниги,\nАнищалгун рокьи магӏарухъ буго.\nГьале шагӏирасул гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьул бицунеб кечӏ. Гьеб цӏаларабго, цебе бачӏуна магӏаруллъиялъул хӏасратаб сурат: зодоре цӏаруцӏунел чӏегӏерал накӏкӏул куркьбал гъурал мугӏрулги, мугӏруздасаги тӏадегӏанлъиялда ругел магӏарулалги, гӏадатаб магӏарул росуги, росабаз хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее кьурал кьурабиги:\nГьаниб борхалъуда роол гӏужалда,\nГӏаздал халгӏат буго ретӏун мугӏруца.\nГванзал кьурабазда, Кьилимагӏарда\nЧӏегӏер накӏкӏул куркьбал гъун ругин ккола.\nГьезукьан речӏчӏулел бакъул чӏораца\nХалгӏат хъахӏал мугӏрул гӏодизарула.\nГӏазул магӏу къулчӏун, гӏурччинхарилъа\nГӏисинал тӏугьдуца тӏелхал рагьула…\nКъурбан Кӏулизанов ккола лъабго тӏохьол авторги. Гьесул гьунаралъул аслияблъун ккола ватӏан бокьиялъул ва гьудуллъиялъул тема. Хъвала гьес гӏагараб росдал, районалъул ва гьел машгьур гьарурал гӏадамазул хӏакъалъулъ. Ахӏана гьес Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги. Гьеб темаялдаго цадахъ рекӏел бухӏигун ва ахӏигун шагӏирас бицунеб буго магӏаруласул яхӏ-намусалъулги:\nГӏасрудул даруялъ дур наслабазул\nГӏузраби сахлъаги, хирияб росу,\nХваразул, чӏваразул цӏарал кӏоченчӏеб\nДур бидулъ яхӏалда хӏур бетугеги…\nНилъеда жакъа магӏарул кочӏолъ сценаялдаса рагӏулеб цӏекӏлъи гъорлъ бугел кучӏдул гьечӏо Къурбанил. Унго-унгояв магӏаруласул яхӏ-намус, гӏагараб ватӏан, халкъазул гьудуллъи, мугӏрузул иццалгӏан бацӏцӏадаб рокьи — гьеле шагӏирасул шигӏрабазул къин гьечӏеб чили.\nКъурбанида байрам баркана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовасги, шагӏирзаби Мухӏамад Патахӏовасги, Тубхӏат Зургьаловалъги, даргиязул хъвадарухъан Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловасги цогидазги. Магӏарул театралъул артистал Мухӏамад Гӏабдулатӏиповасги Разият Дибировалъги рикӏкӏана Къурбанил кучӏдул. Жиндирго кучӏдул цӏалана Къурбаницаги.\nЦӏоралъул мугӏрузул гӏорхъода бугеб,\nРохьосан къокъунеб къваридаб нухккун,\nБакъул чӏораз кьолеб салам босизе,\nРосдал кулабазда рещтӏунаан дун.\nГагудал берцинаб гьаркьие жаваб\nГьуинго кьолаан кьурул сверабаз.\nДица ракӏгъеялъе ахӏарал кучӏдул\nТакрар гьарулаан дандерижиялъ.\nМахӏачхъалаялъул администрациялъул Херазул советалъул председатель Гӏумар Беговас Къурбание кьуна «Къадру ва рецц» абураб медальги.\nУнго, сверараб куц, расги лъачӏого,\nЭркенаб гӏумрудул ихдалил завал.\nТалихӏал рукӏинин рикӏкӏарал сонал,\nГӏаксалда ккарал куц дир анищалгун…\nГьедин ахӏулеб букӏана гьеб къоялъ шагӏирасул ракӏалъ.\nШагӏирасул асаразул аслияб тема ккола ватӏан бокьиги гьудуллъиги"}
{"slug": "452-tiadagl-i-sakhl-i-va-bertsinl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=452-tiadagl-i-sakhl-i-va-bertsinl-i", "title": "Тӏадагьлъи, сахлъи ва берцинлъи", "date": "2017-10-06 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гӏорцӏарабги рахӏатабги гӏумруялъ кидаго гуро лъикӏалде рачунел\nИнтернеталдаса пайда босизе рес щваралдаса нахъе гӏемерисезул гӏадатлъун лъугьун буго тохтурасул малъа-хъваязул бакӏалда интернет-сурсатал хӏалтӏизари. Хӏалакълъизе бокьани къаси анлъго тӏубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, пихъ цӏикӏкӏун квине кколин, пиринчӏул лъим гьекъейин Интернеталдасан бокьа-бокьарав чияс гьарулел малъа-хъваязухъги гӏенеккун, цо-цояз жидерго сахлъиялъе зарал гьабула. Цо-цояз, хӏалакълъизе бокьарал гӏадамалги махсараде ккун, Интернеталъул кумекалдалъун лъикӏаб бетӏербахъи гьабулеб буго. Хӏалакълъизе гьекъолел хасал дараби ричулел сайталги гӏемер ратула гьенир. Цо-цо дандчӏвала кваналеб мехалда лъим цӏикӏкӏун гьекъеян малъулел диетологалгицин.\nКьаралъиялъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабизеги бегьула. Медицинаялъ кинал ресалха рихьизарун ругел кьаралъиялде данде? Гӏалимзабаз гьеб рахъалъ гӏемерал цӏех-рехал гьаруна. Тохтурзабаз малъулеб диетаги соналдаса соналде хисулеб буго. Интернеталдаса босараб рецепталда рекъон хӏалакълъаниги, гьединал къагӏидабаз сахлъиялъе зарал ккезеги бегьула. Кьаралъиялдаса цӏунулаго гӏадамаз сахлъиялъе зарал кколел гӏемерал гъалатӏал гьарулел ругин абулеб буго гӏалимзабазги. Кинал гъалатӏаздасаха нилъ цӏунизе кколел?\nОвощал гӏемер кванай –\nкванирукъалъе гӏакъуба\nЦо-цо диетологазул гӏадатлъун букӏана хӏалакълъизе бокьараз кваналеб кванил калориял рикӏкӏунеб. Дагьаб къадаралда гурони килокалориял кьоларел нигӏматаллъун овощал рикӏкӏуна, гьединлъидал овощал кванан диета гьабула цо-цояз. Амма гьеб къагӏида хӏалтӏизаби гӏалимзабаз мекъаблъун бихьизабула. Махщел бугел ва жидерго иш лъалел диетологаз жидехъе кумек гьарун рачӏарал гӏадамаз кунеб кваница кьолеб энергия рикӏкӏунаро. Щайгурелъул щивав чиясул квен бихӏинабиялъул хехлъи (метаболизм) батӏи-батӏияб букӏуна. Хӏалакълъизе кумек гьабула цо кинал рукӏаниги хасал нигӏматаз гуреб, гьеб къваригӏел гьечӏеб кьаралъи лъугьиналъе гӏилла тӏатинабизе кӏвани. Кьаралъиялъе 50 батӏияб гӏилла букӏине бегьула.\nЦо-цояз хӏалакълъизеян кваналеб гӏурччинлъиялъулъ (хъапустӏан, сельдерей ва цогидалги овощазулъ) аслияб къагӏидаялда букӏуна клетчатка. Амма гьеб инсанасул кванирукъалъе захӏмалъула бихӏинабизе. Овощал гӏемер кваналел ругони, кванирукъалъур ва бакьазухъ рукӏунел пайдаял бактериязухъаги гьезде дандечӏун бажаруларо. Гьелъул хӏасилалда чехь гьорола, къвакӏула, унтула, гьурал лъугьуна, риххел щола. Гьеб хӏал тӏадеги хӏалуцуна, бихӏинабизе захӏматаб нигӏмат — хъапустӏан кваналеб бугони.\nВитаминал ва микроэлементал гъорлъ ругел овощал хӏажат руго квен бихӏиналъул рахъ рукӏалиде ккезабизе. Амма цӏакъго цӏикӏкӏун гӏурччинлъи ва овощал кванаялъ сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула. Гастрит ва кванирукъалъул цогидал унтаби ругел гӏадамаз овощал гӏисинги гьарун яги ххенон гурони кваназе бегьуларо. Гӏатӏгоял овощал кваналеб бакӏалда лъикӏ букӏина гьел режун яги релъун кваналел ругони.\nЛъеца гӏорцӏизаруларо\nЦо-цояз абула, хӏалакълъизе ккани, гӏемераб лъим гьекъезе кколин. Гӏемераб лъим гьекъолеб бугони, гьелъ кванирукъги цӏезабун квандаса ракӏбуссинабулинги рикӏкӏуна. Лъеца кванирукъалда тӏадецуй гьабиялъ гӏадалнахги «махсараде кколин» ва лъеца гӏорцӏидал кваназеги бокьуларин. Амма нилъ гӏорцӏун рукӏин гӏадалнахуда лъазабулеб гӏаламатлъун ккола кванирукъалде бугеб тӏадецуй гуреб, бидулъ чакрил къадар цӏикӏкӏин. Кванирукъалъул сок дагьаб гурони лъугьунарел гӏадамазе радал мачӏикьаго яги кванда цадахъ лъим гьекъезеги лъикӏаб гьечӏо. Сахлъиялъул гьединаб гӏунгутӏи бугезе, кванан хадуб 10-15 минуталдасан гурони лъим гьекъезе лъикӏаб гьечӏо, гьебги цохӏо стакан.\nХехго гӏорцӏизе ва кьаралъичӏого хутӏизе бокьараз батӏи-батӏияб ролъул тӏахьдиялъул карщал квине бегьула. Гьелъулъ пайдаял жал цӏакъго дагьал рукӏуна, амма квен бихӏинабулел лугбузухъан унаго тӏахьдиялъулъ лъим чӏола ва гьеб нигӏмат жеги буччун бачӏуна, ва гӏорцӏарал кинигин ккезарула. Гьелъ ракъиги гӏодоцинабула ва кунеб жоялъул къадарги дагьлъизабула. Тӏахьдиялъ гӏорцӏизарула, ва гьелъул 100 граммгун цадахъ 300-400 грамм лъел ккола ургьибе. Тӏахьдиялъул квен кваналелъул аслияб шартӏлъун ккола гьекъолеб лъел къадар цӏикӏкӏин (сордо-къоялда жаниб 1,5-2 литр).\nКъасимехалъ кваназе бегьулищ?\nКъаси сагӏат анлъго тӏубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, гурони кьаралъулин абураб жоялда божун кваначӏого чӏола гӏемерисел хӏалакълъизе бокьарал. Амма гьеб къагӏидаги хӏалтӏизабун, тӏубараб къоялъ бокьанщинабги кванан хӏалакълъизе рес гьечӏо. Гьеб рахъалъ цӏех-рех гьабурал гӏалимзабазул пикруялда рекъон, къаси анлъго тӏубаралдаса хадуб кваназе бегьула. Амма углеводал гъорлъ ругеб квен гуреб, дагьабго тӏадагьаб квен квине лъикӏаб буго. Къаси квине бегьула тӏерен гьабун къотӏун бежараб гьанал яги ччугӏил кесек ва углеводал гъорлъ дагьаб цогидабги квен. Амма къасимехалъ пиринчӏ, картошка, макаронал яги торт кванани гьелъ бидулъ инсулиналъул къадар борхизабизе буго. Инсулин абуни ккола кьаралъиялъе рагьараб каву. Гьединго гьелъ кьаралъи бихӏинабулеб гормон лъугьинеги биччаларо. Гьединлъидал къасимехалъ углеводал кваназе лъикӏаб гьечӏо. Хӏалакълъизе бокьани, лъикӏаб букӏина углеводал гъорлъ ругеб квен дагь гьабуни. Сордо-къоялда жаниб 40-60 грамм углеводазул кванарабги гӏола. Гьебги ккола 3-4 помидор.\nПихъицаги кьара гьарула\nЦо-цояз абула, хӏалакълъизе диета гьабулаго, бокьанагӏан пихъ кваназе бегьулин, гьелъул пайда гуреб зарал букӏунарин. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Кинабго пихъилъ букӏуна чакар, гьебги цӏикӏкӏараб къадаралда. Гьеб ккола фруктоза. Цӏолболъ ва бананазулъ букӏуна конфетазулъгогӏанасеб чакар. Гьединлъидал бокьараб пихъицаги кьаралъизе бегьула.\nЦебе чакрил унти бугезе гӏадатияб чакрил бакӏалда пихъ кьолаан. Амма дагьаб цебегӏан гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазул хӏасилалда лъазе кӏвана фруктозаялъул зарал глюкозаялдасаги цӏикӏкӏараб букӏин. Гьелъ тӏул кьаралъизабулеб буго.\nГьеб гуребги, фруктозаялъ ракъиялъул гормон лъугьинабула. Гӏемерисеб мехалда пихъ кванан хадуб ракъун ратула нилъ. Ахираб заманалда базаралда бичулеб къватӏисел пачалихъаздаса бачӏунеб пихъилъги витаминал ва пайдаял минералал цӏакъго дагьго гурони ратуларин чӏезабулеб буго гӏалимзабаз. Цӏикӏкӏкӏунисел витаминал ва пайдаял жал щвезе бегьула белок гъорлъ бугел нигӏматазулъа – ай ччугӏидаса, гьанадаса.\nЦо-цояз, диета гьабулебин абун, къойида жаниб цохӏо нухалдаги кванан къокъабго заманалда хӏалакълъизе хӏаракат бахъула. Амма хӏалакълъун хадуб бокьа-бокьараб жоги кванан цӏидасанго кьаралъула. Хӏалакълъизелъун диетаялда чӏун рукӏаразда лъикӏ лъалеб батила, хӏажат гьечӏеб кьаралъи нахъе инабиялдасаги захӏматаб букӏин хӏалакълъун хадуб тӏаде килограммал рахине риччачӏого чӏей. Статистикаялъул баяназда рекъон, хӏалакълъизе гӏоло диета гьабуразда гьоркьор щуго процент гурони хӏалакълъуларо, ва гьезда гьоркьосаги щуго процент гӏадамазул гурони гьеб хӏасил цӏунун хутӏуларо. Гьединлъидал хӏалакълъизе ракӏалде ккун батани, тохтурасул малъа-хъваязухъ гӏенеккун, кидаго дандекколеб диета тӏасабищизе ккола.\nХӏамамалъ хӏалакъ гьаруларо\nЦо-цояз рикӏкӏуна хӏамамалда черхги багӏаризабун, гӏетӏгун цадахъ кьаралъиги биун бачӏунин абун. Амма гӏетӏ – гьеб кьаралъи гуро, лъим буго. Кьаралъи гӏетӏ гӏадин тӏомолъа къватӏибе бачӏунаро. Къваригӏел гьечӏеб кьаралъи биинабизе кӏола гӏицӏго ччорбазулъа, гьебги ччорбал гӏемер хӏалтӏизарун. Гьелъие гӏоло тренировкаби гьаризе ккола. Хӏухьел цӏазе захӏмалъулеб хӏалалда ччорбал хӏалтӏизарулел ругони кьаралъи биунаро. Хӏалакълъизе ккани щибаб къойил 40-60 минуталъ къватӏир бацӏцӏадаб гьаваялда рилълъанхъизе лъикӏаб буго.\nГӏемерисез абула хӏалакълъулелъул тӏоцебе гьумер ва керен хӏалакълъулин. Гьеб бараб буго гьел лугбазда би лъикӏ хьвадулеб букӏиналда. Чехьалдаса ва цогидал лугбаздаса кьаралъи тӏагӏинабизе бокьани, гьел лугбазда би лъикӏ хьвадизабизе ккола. Би лъикӏ хьвадизабула массажалъ яги хӏамамалъ.\nАхираб заманалда чакаралъул бакӏалда гьеб хисулеб нигӏмат хӏалтӏизабизе байбихьун буго. Амма гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазда рекъон, гьеб нигӏматалъ кванде гъира базабулеб буго. Гьединлъидал, черх махсараде кквеялъ щибго лъикӏлъи гьабуларо, цин щай кьаралъулел ругелали гӏилла батизе ккола.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "453-shagiirasukh-goboll-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=453-shagiirasukh-goboll-ukh", "title": "Шагӏирасухъ гьоболлъухъ", "date": "2017-10-06 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Умумузул нухккун вачӏарав\nКив хӏалтӏаниги, жиндирго сахаватал лъалкӏал тана гьенир Шамилица\nТӏоцебесеб октябралда Магӏарул театралда тӏобитӏана Шамил Мухӏидиновасул адабияталъул сордо. Щивха кколев Шамил Мухӏидинов? Хунздерил тӏалъиялде рахунелъул, тӏоцебе батулеб Бакьайчӏи росулъа жамгӏияв хӏаракатчи, учитель, журналист, гӏалим, шагӏир. Рагӏул устарзабаздалъун бечедаб Хунзахъ районалъул шагӏирзабазул кьерда мустахӏикъаб бакӏ ккола гьесги. Кив хӏалтӏаниги, жиндирго сахаватал лъалкӏал тана гьенир Шамилица. Гӏагараб росдал школалда директорлъун хӏалтӏулаго, гьес школалъул азбаралъуб гьабуна Бахӏарзазул аллея. Рагъдаса руссинчӏел росуцоял ракӏалдещвеялъе гьенир чӏана махил гъутӏби. Гьанже ах берцинлъун, дагьабги кӏодолъун буго. Гьенибе жанибе гали лъурабго, рагӏула махил гъутӏбузул шуршур. Гьез цӏидасанги бицуна бахӏарчиго хварал васазул къиса.\nХӏалтӏана Шамил Мухӏидинов районалъул газеталъул бетӏерав редакторлъун. Рижана гьенир цӏиял гьурмал. «Рузман къоялъул вагӏза» букӏана дин цӏилъулел дол соназда щибаб рокъобе щвараб багӏарбакъ гӏадаб лъугьа-бахъинлъун. Газеталде хъвадаризе рес щвана лъималазеги.\nМахӏачхъалаялда педагогикияб университеталда ва теологиялъул институталда хӏалтӏулелъул, хӏадур гьаруна школазе гӏараб мацӏалъул тӏахьалги.\nМагӏарул «Хӏакъикъат» газеталда жеги «чӏаго буго» Шамил Мухӏидиновас гӏисинал цӏалдолезе рагьараб «Бурутӏ» гьумерги.\nАдабияталъул сордоялъ магӏарулалгун дандчӏвана Шамил Мухӏидинов — шагӏир. Тадбиралъул байбихьуда киназго сапар бухьана хунздерил тӏалъиялде. Гьитӏинабго видеороликалъ бицана шагӏирасул гьитӏинаб ватӏаналъулги гьесул лъимерлъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьеб кинабго бихьизабиялдаго цадахъ, гьесул кучӏдул цӏалана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас:\nДие насиблъараб, дун лъимерлъараб,\nЛъай-гӏакълу дий кьураб бекьечӏдерил ракь.\nДие хиралъараб росдал жамагӏат,\nТӏезе виччаге дун дур черхалдаса…\nШагӏирасда баркана ва гьесул хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ цӏалдолезе бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, шагӏир Залму Батировалъ, ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас, профессор Мансур Зайнулгӏабидовас, росуцояз, цӏалдохъабаз, Бакьайчӏи росдал школалъул директор Патӏимат Хӏадисовалъ, Гӏарада гьоркьохъеб школалъул учитель Гӏарапат Гьудовалъ ва цогидазги. Гӏарада ва Бакьайчӏи школазул цӏалдохъабаз цӏалана шагӏирасул кучӏдул. Гьесул рагӏабазда мавлид ахӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хӏамзалав Хӏамзаловас. Гӏенеккаразе лъикӏаб асар гьабуна бекьечӏдерил лъималазги, Гъизилюрт шагьаралдаса Сарат Мухӏамаевалъул цӏалдохъабазги ва жийго учителалъги рикӏкӏарал Шамил Мухӏидиновасул кучӏдуз. Гьесул поэзиялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна тумазул шагӏир Хизри Илясовас. Гьесго тумазул мацӏалдеги руссинарун руго Шамилил кучӏдул.\nЦӏалана шагӏирасги жиндирго кучӏдул. Гьезулъ рагӏулел рукӏана гӏагараб ракьалдеги лъикӏал гӏадамаздеги рокьиги, миллат дунялалда рагӏизабурал гӏадамаздаса чӏухӏиги, бидуца ва къалмица бечедаб тарих хъварал магӏарулазул тӏадегӏанлъиги. Ракӏунтун бицунеб букӏана шагӏирас билараб намусалъулги, тӏагӏараб гӏаданлъиялъулги, гӏаданлъи гьечӏолъиялъул савуялъ чӏурхӏун лъолеб бугеб гӏумруялъулги хӏакъалъулъ. Гӏемераб жоялъул пикру гьабизе тӏамуна шагӏирас. Гьесул гьунаралъ гӏенеккаразда цебелъуна аслияб суал: инсанасул гӏумру берцинлъизе бищунго къваригӏунеб намусалъул багьа учузлъиялъе гӏилла щиб?\nТадбиралъул ахиралда «Хунзахъ» гӏуцӏиялъул председатель Ахӏмад Хӏусеновас киналго ахӏана театралъул жанахӏалде мугь квине.\nГьеб букӏана магӏарул адабияталъулги маданияталъулги унго-унгояб сордо — гӏагараб каламги, умумузул квенги, цоцаздаса рохарал гӏадамалги.\nХӏадур гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ."}
{"slug": "463-19-abileb-festival-sochiyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=463-19-abileb-festival-sochiyalda", "title": "19-абилеб фестиваль — Сочиялда", "date": "2017-10-06 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Гӏолилазул ва студентазул хӏурматалда\n27 сентябралда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда гӏолилазул ва студентазул Тӏолгодунялалъул 19-абилеб фестивалалъул хӏурматалда рагьана «Фестваль стирает границы» абураб суратазул выставка. Суратаз, аудио ва видеоматериалаз бицунеб буго цере тӏоритӏарал фестивалазул тарихалъул хӏакъалъулъ. Выставка рагьана «Дагъистаналъул росу» музей-заповедникалъул генералияй директор Зумруд Сулеймановалъ. Гьелъ къокъго бицана цересел фестивалазул хӏакъалъулъ. 1978 соналда Гаванаялда тӏобитӏараб фестивалалда гӏахьаллъарав ДГУялъул проректор Мухӏамад Хӏасановас ракӏалдещвезаруна жиндирго гӏумруялъул гьел гвангъарал тӏанчал, бицана Фидель Кастрол кӏалъаялъ гьабураб асаралъул хӏакъалъулъ. Гьединго выставкаялъул гьалбадерида цере рахъана 1957 ва 1985 соназда фествалазда гӏахьаллъарал Хӏажимурад Мухӏамадов ва Нурия Гӏабдулаева, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, республикаялъул культураялъул хӏалтӏухъаби. 19-абилеб фестиваль тӏобитӏизе буго октябралда Сочиялда. Гьелъ данде гьавизе вуго къоазарго гӏолилав. Выставка халатбахъине буго 17 октябралде щвезегӏан."}
{"slug": "486-beral-tsiodorall-un-khutiize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=486-beral-tsiodorall-un-khutiize", "title": "Берал «цӏодораллъун» хутӏизе", "date": "2017-10-13 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Компьютералъ гьабулеб зарал лъазе ккола\nТелефоназдаса яги компьютераздаса пайда босуларел гӏадамал къанагӏатги гьечӏо. Гӏемерисел Интернеталъур рукӏуна сордо рогьинегӏанцин. Цӏиял технологияздаса битӏун пайда босизе лъалеб гьечӏолъиялъ, канлъуе заралги гьабулеб буго. Лъималазул берал цӏунизеян абун, эбел-инсуца гьел компьютералда нахъа гӏодор чӏолеб заман дагь гьабула, амма гьелда нахъа хӏалтӏулез щиб гьабилеб? Гьединго канлъи дагьлъизе рес буго бокьараб ригьалъул гӏадамазул. Компьютералда нахъа гӏемераб заманалъ гӏодор чӏедал, берал сваказарула, цо-цо мехалда ссудизарула ва унтула. Кинха цӏунилел компьютералъул заралалдаса берал? Щибаб жо рекъараб хӏалалда хӏалтӏизабуни, зарал кколаро, гьединго, компьютераздаса битӏун пайда босани, берзул канлъи цӏунизе бажарулин абулеб буго гӏалимзабаз.\nКанлъи цӏунизе бокьани, щибаб сагӏаталдасан беразе хасаб гимнастика гьабизе ккола, амма гӏемерисезда гьеб гьабизе ракӏалдецин щоларо. Канлъи цӏунулеб гимнастикаялъул хӏакъалъулъ цебеги хъван букӏана гьаниб.\nКиналха ругел канлъи загӏиплъиялъул гӏаламатал?\nХӏалтӏулелъул берал ссудула ва унтула; жаниса берал багӏарлъула; компьютералдаса берал цогидаб рахъалдехун ралагьани, загӏипго бихьула; къасимехалъ канлъи дагьлъула, хӏалтӏулелъул ва хадуб гӏемерисеб мехалда бетӏер унтулеб букӏуна; кӏигъуждул, габур ва мугъ унтула.\nКомпьютералъ канлъи хвезабиларедухъ хӏалтӏулеб ва хӏалхьи гьабулеб къагӏида гӏуцӏизе ккола, хӏалтӏулеб бакӏги цо ккараб хӏалалда рекъезабила. Гьелда рекъон, тохтурзабаз гьадинал малъа-хъваял гьарулел руго:\n— хӏалтӏулелъул, компьютералдаса 50-70 сантиметралъ рикӏкӏад рукӏине лъикӏаб буго;\n— экран беразда дандбитӏун букӏине бегьуларо, гьелъул гӏаксалда компьютералъухъ тӏаса-гъоркье балагьизе лъикӏаб буго;\n— компьютералъул экраналде цӏикӏкӏун канлъи речӏчӏизе бегьуларо, кабинеталъуб цӏакъго гвангъун бугони, лъикӏаб буго компьютералда тӏад тӏадхъел гӏадаб жо гьабизе;\n— тӏасабищизе ккола компьютералъул гьоркьохъеб гвангъи ва хӏарпазул роцен рекъезабизе ккола, цӏакъго гӏисинго тезе лъикӏаб гьечӏо;\n— компьютералда нахъа битӏун гӏодор чӏела, квералги ритӏун лъела, тӏад кӏусараб бакӏалъулги столалъулгун борхалъи рекъезабила;\n— щибаб 20 минуталдасан компьютералдаса берал цогидаб рахъалде руссинарила, тӏаде рахъинчӏониги, цогидаб рахъ-рахъалде ралагьаралги гӏола;\n— берал гӏемер паркъезаризе ккола;\n— хӏалтӏизаризе лъикӏаб буго компьютералъул канлъудаса берал цӏунулел цӏоробералги.\nЛъималазул канлъи цӏуниялъе гӏоло тохтурзабаз бихьизабун буго заман: 3-4 сон барал лъимал телевизоралда цере рукӏине бегьула сордо-къоялда жаниб 20 минуталъ, 5-6 сон барал 30 минуталъ, 7-8 сон барал 40 минуталъ, гьебги гьоркьоб заман биччан.\nКванил нигӏматазги\nщула гьабула канлъи\nГимнастикаялъ гуребги, берал цӏунизе кумек гьабула массажалъ, дарабаз, халкъияб медицинаялъ, канлъи лъикӏлъизабулел нигӏматаз.\nГӏемерисезда лъалеб батила беразе лъикӏаб нигӏматлъун чӏегӏерка-ри кколеблъи. Гьеб гъорлъ бугел хасал дарабигицин хъвала, канлъи цӏунизелъун окулистаз. Канлъи цӏуни гуребги, берзул жанисеб тӏадецуялдасацин цӏунизе кумек гьабула цо-цо кванил нигӏматаз. Мисалалъе, томаталъул сокалъ глаукома лъугьиналдаса цӏунула берал.\nНигӏматазда гъорлъ ругел А, В къокъаялъул витаминазги лютеиналъги бидул хьвади лъикӏлъизабула. Беразде би ва кислород лъикӏ хьвадулеб бугони, гьел унтиялъул хӏинкъиги дагьаб букӏуна. Амма гьел витаминал гӏолел гьечӏони, масала, щаринах, ханал яги ччугӏа кунеб гьечӏони, канлъи дагьлъизеги рес буго. Пайдаял нигӏматал кунин абун, киданиги берал унтизе рес гьечӏин абураб пикруги мекъаб буго. Кваница гӏицӏго канлъи лъикӏлъизабизе кумек гьабула.\nКинал нигӏматалха\nберазе «рокьулел»?\nЛамадуралъулъ букӏуна канлъи «цӏодор гьабулеб» А витамин. Лъикӏ букӏина гьебгун цадахъ беэнлъи квани, масала, ламадуралъул салаталъулъ тӏорахь жубазабун.\nТӏулалъги букӏуна А ва В витаминал. В витаминалъ беразул нервабазул хӏалтӏи лъикӏлъизабула, беразул свак чучизабула.\nКьарияб тайпаялъул ччугӏадулъ (лосось, скумбрия, сельд) букӏунеб А витаминалъги беразул нерваби цӏунула, кӏудияб ригьалде рахараб заманалдагицин канлъи лъикӏлъизабула, берзул жанисеб хъал (сетчатка) унтиялдаса цӏунула. Анкьида жаниб кӏиго-лъабго нухалдагӏаги ччугӏа квине лъикӏаб буго канлъи цӏунизе бокьаразе.\nЧӏегӏеркариялъулъ букӏуна А, В, С витаминал ва лютеин (канлъи лъикӏлъизабулеб жо). Риидал гьеб кунеб бугони, канлъи цӏунизе кумек гьабула. Холодильникалъуб цӏунараб чӏегӏаркариялъулъги киналго витаминал цӏунун хӏутӏула.\nГьуинаб пуччалъулъ букӏуна берзул жанисеб хъалалъул сахлъи цӏунулеб ва капиллярал щула гьарулеб С витамин.\nКиви буго витаминаздалъун цӏакъ бечедаб. Гьелъулъ рукӏунел А, В, Е, С, РР къокъабазул витаминаз, лютеиналъ, макро — ва микроэлементаз берзул канлъи лъикӏ гьабула.\nГӏинтӏи бечедаб буго аскорбиналъулаб, фолиялъулаб кислотаздалъунги, А, В, Е къокъаялъул витаминаздалъунги, микроэлементаздалъунги. Гьабун сордо-къоялъ тараб гӏинтӏидул компоталъ къасимехалда канлъи лъикӏ бихьизе кумек гьабула.\nПомидораз канлъи гуребги, иммунитетги щула гьабула, рекӏел унтабаздасаги рак унти лъугьиналдасаги цӏунула. Петрушкаялъулъги руго беразе пайдаял А, В, С къокъабазул витаминал. Бидурихьал щула гьарула гьелъ. Компьютералда нахъа хӏалтӏун свакарал беразул свак чучизабула петрушкаялъул, сельдереялъул ва ламадуралъул сок жубазабун гьекъани.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "489-mustakhiik-av-vugishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=489-mustakhiik-av-vugishch", "title": "Мустахӏикъав вугищ?", "date": "2017-10-13 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Учителасул хӏалтӏуе къимат кьеялъул цӏияб къагӏида\n«Гӏагараб кӏиго соналъ учителас тӏасабищизе бегьула гьабсагӏаталда бугеб къагӏидаялъищ яги цӏиялда рекъонищ жиндир хӏалтӏул халгьабизе бугебали. Психологиялъулгун педагогикаялъул рахъалъги, жинца кьолеб дарсилги гара-чӏвариялъе бугеб бажариялъулги – гьел рахъаз лъаялъул халгьабизе буго цебеккун букӏараб къагӏидаялъ», — ан абуна Васильевалъ.\nМинистралъ абуна, хӏал гьабун, цӏияб къагӏида тӏасабищизе учитель тӏамизе гьечӏин, амма дагь-дагьккун гьелде рачӏине кколин. «Щай гьедин гьабизе бугеб? Щайгурелъул, масала, цӏияб хъулухъалда учитель толеб мехалда, басралъараб къагӏидаялъ рес кьолароан, хӏалбихьи гьечӏев учителасе гьединаб хъулухъ кьезе. Учителасул хӏалтӏул стажалда бараблъун букӏине гьечӏо хъулухъалда теялъул иш – гьеб бараб букӏина гьесул махщелалъул даражаялда», — ан бицана Ольга Васильевалъ.\nУчителасул бажариялъе къимат кьеялъул букӏине буго лъабго даража: диагностикияб (тесталъе жавабал кьей, методикияб лъабго масъала тӏубазаби ва гьезие гӏатӏидаб жаваб кьей, махщелалда бан гӏуцӏараб масъалаялъе жаваб бати), 15 суалалъе жаваб кьей, дарсил видеозаписалъухъ халгьаби (гьелъ рес кьола учителасул хӏакъикъияб хӏалбихьи загьирлъизе, ай, махщалида бан, гьесие кьун букараб масъала кин тӏубазабулебали бихьизабула).\nДиагностикияб хӏалтӏи. Тесталъе жавабал кьей.\nГьезул хӏасилалда учителасе щвезе бегьула махщалилаб бажариялъул лъабго даражаялъул цояб:\nТӏоцебесеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучӏалда ва хӏалтӏизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тӏуразарун бажарула; хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса хӏакъикъиял мисалалги рачуна.\nКӏиабилеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучӏалда ва хӏалтӏизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тӏуразарун бажарула, хисизабураб ахӏвал-хӏал бугониги; хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса хӏакъикъиял мисалалги рачуна.\nЛъабабилеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучӏалда ва хӏалтӏизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тӏуразарун бажарула, жинда цебе кинаб масъала лъезе бугебали лъалеб гьечӏониги; хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса хӏакъикъиял мисалалги рачуна.\nДиагностикияб хӏалтӏи. Махщелалда бан гӏуцӏараб масъала тӏубазаби\nМисалияб ахӏвал-хӏал: Мун хӏалтӏулеб кабинет хьезабун буго гӏаммаб лъайкьеялъул ФГОСалда рекъонкколел алатаздалъун. Щуабилеб ва 10-абилеб классазда лъай гӏаммлъизабиялъул дарс кьолеб мехалда, дарсил алатазул кинал бутӏабаздаса ва кин дуца пайда босизе бугеб? Кинаб батӏалъи букӏине бугеб гьел дарсазда гьоркьоб?\nДиагностикияб хӏалтӏул тест тӏубазабурав учителасе щвезе ккола 13-ниги балл. Гьеб ккола учителасул кьочӏолаб компетенция букӏин чӏезабиялъе аслияб роцен. Гьелдаса дагьал баллал щварав учителасул лъайкьеялъул идараялда пуланаб дарс кьезе гӏураб даражаялъул лъай гьечӏин чӏезабула ва гьев витӏизе вуго лъай камил гьабизе.\nДиагностикияб хӏалтӏул тӏоцебесеб даражаялъе мустахӏикълъизе ккани, учителасе щвезе ккола гъоркьияб къадаралда 15 балл, кӏиабилеб даражаялъе – 21 балла ва лъабабилелъе – 25.\nКин гӏуцӏулеб къимат кьеялъул хӏалтӏи?\nABBYY Мониторинг порталалъул жиндирго кабинеталда халгьабиялъул гӏахьалчияс иргадал тӏуразаризе ккола цӏех-рехалъул щибаб бутӏаялъул тӏадкъаял (гьел цереккун рехсон руго). Дарсил видеозаписьги гьес лъола гьебго порталалъул жиндирго «личный кабинеталда». Хадубккун гьенибго лъун бачӏуна, кинаб даражаялъе мустахӏикълъулевали бицунеб жавабги.\nКин кьолеб къимат\nДиагностикияб хӏалтӏул тӏоцебесеб бутӏаялъе къимат кьола гьеб параялъго, ай компьютералъго. Кӏиабилеб бутӏаялъе къимат кьола экспертаз – гьелъие чӏезарурал критериязда рекъон. Экспертазго къимат кьола махщеллъиялъул масъала тӏубазабиялъеги видеодарсиеги.\nАттестациялъул цӏияб къагӏидаялъул исана хӏалбихьизе буго Адыгеялда, Кабардино-Балкариялда, Чачаналда, Ингушетиялда, Татарстаналда, Хабаровск краялда; Ленинград, Курганск, Томск, Москва, Ярославль, Волгоград ва Рязань областазда.\nПедсовет.орг\nсайталдаса босараб"}
{"slug": "523-dun-mugirul-yas-busurmanchiuzhu-rossiyal-ulaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=523-dun-mugirul-yas-busurmanchiuzhu-rossiyal-ulaj", "title": "Дун – мугӏрул яс, бусурманчӏужу, россиялъулай", "date": "2017-10-20 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Гьанжесел руччабаз умумузул рукӏа-рахъиналдаса мисал босулебани…\n18 октябралда Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана «Дун – мугӏрул яс, бусурманчӏужу, россиялъулай» абураб руччабазул культурияб тадбир.\nДРялъул муфтияталъ, ДРялъул хӏукуматалъул диниял идарабазул бухьеназул комитеталъ ва «Аманат» медиа-студиялъ цадахъ тӏобитӏараб гьеб мажлисалда гӏахьаллъана батӏи-батӏияб ригьалъул руччабиги студенталги. Гьениб ракӏалдещвезабуна умумузул рукӏа-рахъин, бицана цебе руччабазе бетӏербахъи гьабизе букӏараб захӏмалъиялъул. «Рисалат» студиялъ бихьизабуна бусурбабазул ретӏа-къаялъул гьайбатлъи.\nДРялъул муфтияталъул вакил Гӏайшат Нурмухӏамадовалъ ракӏалдещвезаруна Шамил имамасул заманалда рукӏарал бахӏарчиял ва къадруял руччаби. Доб заманалда диналде руччабаз кьолеб букӏараб кӏварги, бихьиназдехун букӏараб яхӏ-намусалъул цӏураб бербалагьиги, лъималазе кьолеб букӏараб тарбияги, тушманасулгун кьалулъ бихьиназдаса къечӏого гьабулеб букӏараб бахӏарчияб гӏахьаллъиги ракӏалдещвезабуна руччабазул мажлисалъул гӏахьалчагӏазда Гӏайшат Нурмухӏамадовалъ.\n«Тӏасияб Гъунир тушманас сверун ккураб бакӏалда Шамил имамас абун буго: «Жакъа дида цадахъ 60 гӏашилтӏисей йикӏарайани…», — ян. Гьединал бахӏарчиял ва намус тӏадегӏанал руччабазул ирсилалин абизе нечараб къагӏидаялъ хьвадулел руго жакъа нилъер цо-цо руччаби. Бокьилаан гьездаги исламалъ чӏужугӏаданалъул гьабулеб къиматалъул ракӏалдещвезабизе ва гӏолеб гӏелалъеги нилъерго къадруял умумузул гӏумруялдаса мисал босун тарбия кьезе гӏураб лъай букӏине», — ян абуна муфтияталъул вакилалъ.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "524-orden-kivarichio-vatian-bugoni-giela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=524-orden-kivarichio-vatian-bugoni-giela", "title": "Орден кӏваричӏо – ватӏан бугони гӏела", "date": "2017-10-20 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул театралда бихьизабуна Москваялъул Таганкаялда бугеб театралъул спектакль\nАраб анкьалда Дагъистаналде рачӏун рукӏана рехсараб театралъул актерал Любовь Чирковаги Валерий Черняевги. Гьез гӏуцӏараб «Босе шинель, рилълъа рокъоре» абураб спектакль бихьизабуна Махӏачхъалаялда, Магӏарул театралда. Дербенталда Лезги театралда бихьизабуна «Дун, Владимир Высоцкий…» абураб спектакль.\n25-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ театралияб сценаялда цадахъ хӏалтӏулел руго Валерий Черняевги Любовь Чирковаги. Гьезул спектаклял гӏуцӏун руго ахӏулел ва рикӏкӏунел кучӏдуздаса, машгьурал гӏадамазул ракӏалдещвеяздаса, кагътаздаса. Гьединабго буго РСФСРалъул халкъияв артист Валерий Золотухиница сценарий хъвараб «Босе шинель, рилълъа рокъоре» абураб спектакльги. Гьеб хӏадурун букӏана Кӏудияб Бергьенлъиялъул 70-сонилаб байрамалде. Гьелда актераз ахӏана ва рикӏкӏана Булат Окуджавалги, Владимир Высоцкиясулги, Давид Тухмановасулги рагъул темаялъул кучӏдул. Спектакль байбихьана Расул Хӏамзатовасул «Къункъраби» кечӏ ахӏиялдаса.\nВалерий Черняевас рекӏехъе цӏалараб къисаялъул бутӏаялъухъ сихӏтун гӏенеккун букӏана зал. Гьелда бицунеб букӏана, рагъул кутакаб коралдасаги борчӏун, Белоруссиялъул рохьосан унеб советияб солдатазул къокъаялъул хӏакъалъулъ: «Хинаб бакъуцаги рохьил расалъиялда тӏибитӏараб сихӏкъотӏиялъги ракӏалдещвеязулъ тӏерхьинарун рукӏана солдатал. Циндаго гьел лъалхъизаруна берда цебечӏараб сураталъ: тӏогьол майданалда харилъ егун йиго гӏолохъанчӏужу. Гьелъул гьайбатаб сипат художникас бахъараб сураталда релълъун бихьулеб буго. Тӏогьилаб бакъул кьер бикъараб биццатаб гъал квегӏаб рахъалде рехун буго. Беразда тӏаде щолеб кар хьвагӏезабулеб буго хӏеренаб гьорол хӏухьелалъ. Гьелде тӏадеги къулун, дир баба кьижун йиго, дир баба кьижун йигоян цокӏалго такрар гьабулеб буго гьитӏинай ясалъ. Гӏицӏго кӏутӏбузда гьоркьосан чвахараб бидул мухъалъги, рекӏеда тӏад лъураб квералда гъоркь бихьулеб багӏарлъиялъги бицунеб букӏана гӏолохъанчӏужу тушманасул гуллил къурбанлъун ккарайлъи.\nЦиндаго, солдатазда гьоркьоса чӏужугӏаданалде аскӏовегӏанги къалаго, солдат Михасица абуна: «Дир… дир лъадиги, дир ясги…», — ян ва гьитӏинай яс каранде къана. Гьеб параялъго сихӏкъотӏи къатӏинабуна бихьинчиясул гӏасияб гӏодиялъ…».\nАктеразул гьунаралъ тӏолабго зал гьабуна дол рагъул соназул кьварарал лъугьа-бахъиназулги талихӏалъул лахӏзатазулги гӏахьалчилъун.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "529-chvakhabazul-bak-nal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=529-chvakhabazul-bak-nal", "title": "Чвахабазул бакънал", "date": "2017-10-20 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Балагьун бергӏорцӏулареб берцинлъи буго магӏарухъ\nДаим гӏаздаца ккурал мугӏрузул тӏогьал, беричал щобалгун майданал, гъваридал кӏкӏалал, рохьал, гӏедерал лъаралгун гӏорал — гьарзаго кьун буго Бетӏергьанас магӏаруллъиялъе берцинлъиги гьайбатлъиги. Гьеб тӏабигӏияб тӏогьол квацӏи гӏадаб ракьалъе ракӏгъезабулел бакънал рачунел гӏадин, магӏаруллъиялъул щибаб росдал ракьалда дандчӏвала жидерго хасаб берцинлъигун чӏахӏиялги гӏисиналги лъел чвахаби. Гьезул къадар аза-азар батила.\nБищунго чӏахӏиязул цояб ккола Чӏарада районалда бугеб Чвахило абураб чвахи. Кьенсергӏурул тӏарада бугеб гьелъ лъим босула Гутон магӏардаса. Бакӏалъулал гӏадамазда гурони гӏемер чиясда гьеб лъаларо, щайгурелъул гьенире рахине захӏмалъула. Гьилиб росулъа анцӏила ункъогӏан километралъ бигьаяб гуреб сухъмахъалъ ине ккола гьенире. Географиялъул литератураялда тӏоцебе гьеб чвахиялъул хӏакъалъулъ бицен гьабун буго ХӀX гӏасруялъул ахиралда гьениве щварав гӏурусазул геолог ва геморфолог Н. И. Андрусовасул хӏалтӏабазда. Гьединго гьеб чвахиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏаял ратула советияв гляциолог Н. А. Ногинскиясул хӏалтӏабазулъги. Кьурул болъабазда речӏчӏулаго кӏудияб борхалъудаса бортун бачӏунеб гучаб лъел чвахиялъул гъугъайгин сас километралдаса цӏикӏкӏараб манзилалда рагӏула. Инсан хӏайран гьавула гьелда сверухъ бугеб гӏалхулаб берцинаб тӏабигӏаталъги.\nЦӏакъго хӏикматаблъун буго Гъуниб районалъул Салтӏа росдал ракьалда бугеб чвахи. Гьединабго хӏикматаб буго сулдерил нохъоде, ракьалда гьоркьан бачӏунеб лъел чвахиги.\nСулдерил лъар байбихьула Кудали росдал ракьалдаса ва Салтӏа росдаде гӏарлъухъе щолаго ракьулъе тӏерхьун уна. Чанго метралъ ракьулъанги ун лъар къватӏибе кӏанцӏун бачӏуна ва гьелъул лъугьуна анкьго метр борхалъи бугеб чвахи.\nКӏикъого метралъул борхалъи буго гьебго районалъул Тӏасагъуниса бачӏунеб лъарал Гъуниб абулеб чвахиялъулги. Цӏорол мугӏруздаса лъугьарал лъел чвахиял руго Авар, Гӏанди ва Гъазигъумекдерил гӏоразул тӏаралъабаздаги.\nХасго берциналлъун ккола Тобот лъарал чвахиял. Гьел руго Хунзахъги Илълъаги росабазда гьоркьор. Бакъ речӏчӏараб мехалда, гьел чвахабазул лъел тӏираби нуралъул хӏубал гӏадин гвангъун рихьула. Хасалил заманалда бакъуда данде кенчӏолел цӏорол хӏубал лъугьуна. Тоботалъул чвахабазул борхалъи географикияб къагӏидаялда жеги мухӏканго борцун гьечӏин абизе бегьула. 1959 соналда Тоботалъул чвахабазул цӏех-рех гьабурав азербайжаназул географ К. Гюляца жиндирго тӏехьалда хъвалеб буго гьезул борхалъи нусго метр бугин. Дагъистаналъул географ Мухӏамад Элдаровасин абуни бихьизабулеб буго Тоботалъул чвахабазул борхалъи лъабкъоялда анцӏго метр бугин. 1985 соналда республикаялъул географаз гьарурал цӏех-рехазда бихьизабун буго гьезул борхалъи кӏикъоялда анцӏго метр бугилан. Хӏакъаб жо, лъел бортиялъул байбихьудаса ахада, лъим речӏчӏулеб бакӏалъул хӏисаб гьабуни, ункъого-ункъоялда анцӏго метралъул борхалъи гьезул букӏин.\nХзан гӏурул чвахи буго битӏахъе Бежтӏа росу бакьулъ. Бежтӏадерил мацӏалда гьелда цӏар буго Лъисиякьа чвахи абун. Гьеб цӏакъго борхатаб гьечӏо. Араб гӏасруялъул кӏикъоялда анцӏабилеб соналъ гьелда тӏад бан букӏана гидроэлектростанция, амма Тоботалъул чвахабаздаса гьелъул лъим гӏемераб буго.\nГьанже курорталъул комплеск балеб бугеб Макьасда рагӏаллъиялдаса гӏодобе буго сахъадерил чвахи, гьелдаса бакътӏерхьудехун – лъегӏелдерил Чвахукьбакӏ чвахиги. Гьеб кӏиябго чвахиялъ лъим босула Тӏалакъоро мегӏералъул иццаздаса. Гӏахьвахъ районалъул Местӏерухъ ва Тӏукитӏа росабазул ракьалдаги руго чанго лъел чвахаби. Цӏакъго машгьураб буго кӏикъоялда анцӏго метралдасаги борхатаб Местӏерухъ росдада дандбитӏун бугеб Гьацӏакино чвахи.\nЧвахабаздалъун бечедаб буго Шамил районалъул Кьурукьмухъги. Тӏасабакълъухъ росдада дандбитӏун буго кӏикъогогӏан метралъул борхалъи бугеб Мегъугъа чвахи. Гьенирго руго Игикь ва Магъалоси чвахиялги. Гьандихъ росдал ракьалда руго Бидакъо чвахи, Гомог чвахи, Борхатаб чвахи, Хӏассанил чвахи – кинабниги анкьго чвахи. Нусгогӏанасеб метралъул борхалъиги буго гьезул щибалъул. Могьохъ росдада аскӏоб буго Чара магӏардаса бачӏунеб лъаралъул Игьанди чвахи.\nТӏабигӏаталъул берцинаб памятниклъун буго Унсоколо районалъул гьерекӏдерил къварилъухъ бугеб чвахиги. Рихьуниб росдада дандбитӏун бугеб Хинаб лъим абураб бакӏалда бугеб чвахиялъул борхалъи бахуна лъабкъого метралде. Дагъистаналда гуребги, Россиялдаго бищун борхатаблъун рикӏкӏуна Гӏашилтӏа росулъ бугеб чвахи. Гьезулго ракьалда буго анцӏила щуго метралдаса цӏикӏкӏун борхалъи бугеб анцӏила анлъго чвахи.\nЦӏумада районалда ругел чвахабазул машгьураллъун руго Инхо къвари чвахи, Гьакварисезул чвахи Тӏинди ва Хъварши лъаразда ругел чвахаби. Анцӏ-анцӏ чвахиял рукӏана Сулахъ гӏоралда, Чӏикӏаб ГЭС байдал, гьайгьай, гьел хӏорикье ккана.\nГьанир рехсана нижеда лъалел цо-цо чвахаби, якъинаб жо, гьел жеги гӏемер руго магӏарухъ. Квеш ккараб жо буго геофизикиял цӏех-рехалги гьарун, гьезул мухӏканаб сияхӏ гьабун гьечӏолъи.\nХьул буго «Хӏакъикъат» газеталъул цӏалдолез жиде-жидер ракьалда ругел чвахабазул, тӏабигӏиял памятниказул хӏакъалъулъ хъван редакциялде кагътал ритӏилин.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "531-kin-sakh-gabileb-bukhiarab-baki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=531-kin-sakh-gabileb-bukhiarab-baki", "title": "Кин сах гьабилеб бухӏараб бакӏ?", "date": "2017-10-20 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Цӏодорлъи гьабе, лъимал…\nДунял квачазе байбихьидал, нилъеца токалъул алатаздаса цӏикӏкӏун пайда босизе байбихьула. Амма гьездаса, хасго печаздаса битӏун пайда босунгутӏиялда бан, больницабазде кколел гӏемер рукӏуна. Цо-цоязин абуни хӏаракат бахъула щиб бугониги бакӏ бухӏарал лъимал рокъорго сах гьаризе. Киназулго гурелъулха больницаялде ине рес букӏунеб, хасго росабалъ. Гьединлъидал ракӏалде ккана Махӏачхъалаялъул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудиновалъухъе ине ва, гьединаб иш ккани, тӏоцебесеб кумек кин гьабизе кколебин, гьелда цӏехезе.\n«Тӏаде бухӏараб лъим ани яги, тохлъи ккун, щиб бугониги бакӏ бухӏани, тӏоцебесеб иргаялда, хехаб кумек ахӏизе ккола. Тохтур тӏаде щвезегӏанги лъимадул бухӏараб бакӏ 15 минуталъ краналдаса чвахулеб лъеда гъоркь кквезе ккола. Гьеб заманалда лъимадуе кьезе ккола гьелъул унти бигьа гьабулеб дарман, мисалалъе, нурафен. Аскӏоб аптека батани, босила бепантен яги пантенол абураб тӏад речӏчӏизабулеб дару. Бухӏараб бакӏалде пантенол речӏчӏизабуни, унти сасуна ва бухӏараб бакӏалда лъугьарал къучӏби ракъвазарула. Гьеб хӏалтӏизабизе бегьула бакъуца тӏом бухӏун бугониги. Гьел дарманазулъ букӏуна найил хӏе, парафин, перекисалъул кислота, цетеариловияб спирт, лъим. Гьел дарманаз кумек гьабула бухӏараб бакӏалда бугеб тӏом хехго цӏилъизабизеги. Пантенол батичӏони, хӏалтӏизабизе бегьула олазоль дару. Гьелда гъорлъ букӏуна цебегоялдаса нахъе нилъер чӏахӏияб гӏелалъги бухӏараб бакӏ сах гьабизе хӏалтӏизабулеб букӏараб гъарцӏи ва ругъун бацӏцӏад гьабулел цогидал жал. Цебегоялдаса нахъе гъарцӏиялъул нах хӏалтӏизабулаан бухӏараб бакӏ сах гьабизе. Амма аллергиялъул унтаби ругел гӏадамазде гьелъ аллергия базабизеги бегьула. Цогидал дарабазде дандеккун, гьеб учузабги буго. Бухӏараб бакӏ цӏакъго гьитӏинаб бугони ва гӏицӏго багӏарлъи рехун гурони лъугьараб жо гьечӏони, рокъобго дару гьабизе бегьула. Бухӏараб бакӏ кӏудияб бугони, къучӏбиги лъугьун ругони, хехаб кумек ахӏила яги тохтурасухъе бачина лъимер.\nНагагь бухӏараб бакӏалда хадубккун чанхъ яги хьверд лъугьун бугони, лъикӏаб буго къойида жаниб кӏиго нухалда левомеколь бахине ва катаналъ бухьине.\nБухӏараб бакӏалда ретӏел хъвазе бегьуларо. Ретӏел хъвачӏого бегьулареб бакӏ батани, бацӏцӏадаб бинталъ бацине ккола. Амма, кӏочене бегьуларо, бухӏараб бакӏ гьава чӏваледухъ рагьун бугони, хехго сахлъула», — ян бицана П. Шамсудиновалъ.\nТӏоцебесеб кумек\nНагагь, рокъоб дару-сабаб гьабулелъул, лъимер лагӏдолеб бугони, яги 12 сагӏаталдаса цӏикӏкӏун заманалъ цӏа-кан гӏодобе кколеб гьечӏони, ялъуни, бухӏаралдаса хадуб сордо-къо индалги, унти цӏикӏкӏунеб, бухӏараб бакӏ собон бугони, лъимер тохтурасухъе бачине ккола.\nТӏоцебесеб даражаялъул бухӏи бугони, тӏом багӏарлъула, амма къучӏби лъугьунаро. Кӏиабилеб даражаялъул бухӏи бугони, багӏарлъиги букӏуна, гӏисинал къучӏбиги лъугьуна бакӏ-бакӏазда.\nТӏоцебесеб ва кӏиабилеб даражаялъул бухӏараб бакӏалде тӏаде чвахун бачӏунеб цӏорораб лъим биччазе ккола, 12-18 градусалъул лъим биччазе ккола 15-20 минуталъ.\nЦӏорораб лъим тӏаде биччан хадуб, бухӏараб бакӏ бацӏцӏадаб ва дагьабго биччараб чӏартица бацинабила (полотенцеялъ, катаналъ ва цогидабги синтетикияб гуреб ххамалъ).\nЛъабабилеб даражаялъул бухӏиялъин абуни цӏакъго кӏудияб ругъун лъугьинабула. Гьединаб хӏалалда бухӏараб бакӏ бугони, дагьабго биччараб ва бацӏцӏадаб чӏартица бацина, амма цебеккунго цӏорораб лъим тӏаде биччазе бегьуларо. Унти къотӏизабизелъун кьезе бегьула парацетамол яги ибупрофен. Кверал яги угъдул рухӏун ругони, килщазда гьоркьоб биччараб ххам лъезе лъикӏаб буго. Килщазда баргъичал яги рукьалда курхьен ратани, гьелги хехго нахъе рахъила.\nТохтурасухъе ине яги хехаб кумек ахӏизе ккола:\n— лъабабилеб даражаялъул бухӏи бугони, кигӏанасеб бакӏ бухӏун бугебали батӏалъи гьабичӏого;\n— кӏиабилеб даражаялъул бухӏи бугони, черх бухӏарав чиясул огъохъатгӏанасеб бакӏ бухӏун бугони;\n— тӏоцебесеб даражаялъул бухӏи бугони, ай тӏомол огъохъатгӏанасеб бакӏ багӏарлъун, гьорон бугони;\n— гьумер, щекъер, угъдул, рукьбузул рищи, кверал рухӏун ругони.\nБухӏараб бакӏалъе гьабизе бегьуларо:\n— лъабабилеб даражаялъул бухӏи бугони, лъим тӏаде биччазе;\n— цӏакъго цӏорораб лъеца бухӏараб бакӏ цӏорозабизе;\n— бухӏараб бакӏалда рекӏараб ретӏел нахъе бахъизе;\n— бухӏараб бакӏалда лъугьарал къучӏби рихъизе;\n— бухӏараб бакӏалда квер хъвазе;\n— бухӏараб ругънада квас-квас, цӏер, пластырь чӏвазе;\n— ругънада щарил, хурдузул нах, тӏорахь, бетарахь лъезе;\n— бухӏараб бакӏ бакъвазегӏан кремал, мазал ва цогидалги гьездаго релълъарал жал рахине;\n— порошок гӏадал жал, присыпкаби ругънаде щвазе;\n— йодалъ, зеленкаялъ, водородалъул перекисалъ, спирталъ бацӏцӏине.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "533-gev-kidago-khalk-gun-vukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=533-gev-kidago-khalk-gun-vukiana", "title": "Гьев кидаго халкъгун вукӏана", "date": "2017-10-20 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Цӏадаса Хӏамзатил адабияб ирсалъулги заманаялъулги бухьен\n17 октябралда РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялда тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил творчествоялъе сайгъат гьабураб Тӏолгороссиялъул гӏелмияб конференция. Гьенир гӏахьаллъана гӏалимзабиги, шагӏирзабиги, студенталги, журналисталги. Конференция рагьана ва нухда бачана институталъул директорасул заместитель А. Акавовас.\nИнституталъул грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Мухӏамадовас бицана жеги гӏелмиял цӏех-рехал гьаричӏел шагӏирасул асаразул ва Гьарадерихъ росдалгун шагӏирасул букӏараб бухьеналъул, гьев гьенив дибирлъун хӏалтӏулев вукӏарал соназул хӏакъалъулъ:\n— Цӏадаса Хӏамзатил руго жеги букӏине кколеб хӏалалда цӏех-рех гьабизе ирга щвечӏел асарал. Гьелде кӏвар кьолеб буго институталъул гӏалимзабаз, — ан абуна гьес.\nХӏамзатил «Шамил» абураб поэмаялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана филологиял гӏелмабазул доктор, Расул Хӏамзатовасул адабияб ирс лъазабиялъул централъул нухмалъулев Ахӏмад Муртазагӏалиевас:\n— Шагӏирас Шамилил хӏакъалъулъ хъвана, лъикьаниги ва сункьаниги хӏинкъичӏого. Бахӏарчиясул хӏакъалъулъ гьесул букӏараб пикру хисизабизе лъиданиги кӏвечӏо. Гӏенеккичӏо гьев жинде гьарулел гӏайибазухъги. Гьесда лъалаан Шамил каки — гьеб дагьабго заманаялъул ахӏи-хӏур букӏин, — ан абуна гьес.\nДГПУялъул Дагъистаналъул адабияталъул кафедраялъул нухмалъулей, филологиял гӏелмабазул кандидат Лейла Шабаевалъ жиндирго кӏалъаялда бицана лъарагӏазул шагӏир Гъазияв Гӏалилги Цӏадаса Хӏамзатилги асаразул гӏаммаб рахъалъул хӏакъалъулъ.\nИнституталъул лексикологиялъул ва лексикографиялъул отделалъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Саимат Юзбековалъ рикӏкӏана шагӏирасул ункъжугьаби.\nГьединго данделъиялда кӏалъазе рахъана ДГПУялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Гӏалибег Гӏашурбегов, ИЯЛИялъул литератураялъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Малик Хӏусенов, гьебго институталъул искусствабазул тарихалъул отделалъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, филологиял гӏелмабазул доктор Гӏамирбег Мухӏамадов. Гьез бицана советияб заманалда Дагъистаналъул адабият цебетӏеялъул, 20-30-абилел соназда чӏахӏияб гӏелалъул хъвадарухъабаздеги шагӏирзабаздеги кьолеб букӏараб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса хадуб данделъиялда гӏахьаллъарал гӏалимзаби Цӏадаса Хӏамзатил гӏумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицине рикь-рикьана батӏи-батӏиял секцияздеги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "547-l-imalazul-sakhl-i-tsiuni-ebel-insul-borch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=547-l-imalazul-sakhl-i-tsiuni-ebel-insul-borch", "title": "Лъималазул сахлъи цӏуни – эбел-инсул борч", "date": "2017-10-27 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гриппалде данде прививкаби гьарулел руго\nДагьал церегӏан къоязда, Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб республикаялъул тохтурзабазул данделъиялда, бицана исана Дагъистаналда гриппалда данде 714000 прививка гьабунин. Гриппалдаса цӏуниялъе исана республикаялда миллионгун 200000 чиясе прививка гьабизе ккола планалда рекъон. Гӏураб къадаралда вакцинабиги рачӏун руго республикаялде.\nДагъистаналъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бетӏерай эпидемиолог Муслимат Хӏасановалъ лъазабуна, исанасеб гриппалъул вирус захӏматаб букӏине бугин, гьединлъидал жиндир заманалда прививкаби гьаризе лъикӏаб бугин. Вакцина тӏоцебесеб иргаялда чӏобого гьабулеб буго лъималазе, медицинаялъул хӏалтӏухъабазе, учительзабазе, чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазе, гьуърул, ракӏ унтарал гӏадамазе.\nДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралев Танка Ибрагьимовас абуна, районазда киналго медицинаялъул хӏалтӏухъабазе ва учительзабазе гриппалде данде прививкаби гьарун гьечӏин. Гӏемерал гӏадамалгун хӏалтӏулеб ва хасго лъимал цӏалулеб бакӏалда хӏалтӏулез гриппалде данде прививкаби гьаричӏого тезе бегьуларо. Гьединлъидал тӏолалго больницабазул бетӏерал тохтурзабазда тӏадкъан буго прививкаби гьариялъул хӏалтӏул хӏисабкьезе.\nХаслихълъи — гӏадамазда гьоркьоб грипп тӏибитӏулеб заман букӏин балъгояб жо гуро. Гьединлъидал республикаялъул сахлъицӏуниялъул идарабазда гриппалде данде тӏадчӏун вакцинаби гьарулел руго. Хаслихълъиялъул квачгун цадахъ баккулеб гьеб унтигун байбихьула гӏолохъанал эбел-инсудаги тохтурзабаздаги гьоркьор «бахӏсал». Тохтурзабаз малъа-хъваял гьарула гриппалдаса цӏунизе прививкабаз кумек гьабулин, Интернет «тохтурлъун» тӏасабищарал эбел-инсуца абула прививкабаз зарал гуреб сахлъиялъе пайдаяб щибго гьабуларин, лъабабилез абула, прививка гьабуниги гьабичӏониги, хаслихъе гриппалъ унтичӏого хутӏуларин.\nЖавабчилъи цӏикӏкӏанагӏан…\nКинаб къагӏидаялъ нилъер гӏадамаз гриппалда дандечӏей гьабулеб, тохтурасул кумекалдаса пайда босуладай? Гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабуна гӏолохъанал улбузда гьоркьоб.\nПатӏимат, кӏиго лъимадул эбел: «Дица, дунял квачаралдаса нахъе, лъимал гриппалдаса цӏунизе дараби гьарула. Мухӏамад аварагасул суннаталда рекъон, хурдузул дараби гьарула. Батӏи-батӏиял вакцинаби сабаблъун сахлъиялъе зарал кколин абун, Интернеталдасан бицунеб рагӏаралдаса гриппалде дандегицин прививкаби гьаризе хӏинкъун чӏун йиго дун. Тӏоцебесеб лъимадуе киналго прививкаби гьарулаан дица. Амма прививкаби гьаруницин, лъималазул ахикь раккаралги квачалъулги унтаби рахуна гьесде. Кӏиабилеб лъимадуе абуни, лъабго моцӏ баралдаса, цогӏаги прививка гьабичӏо. Гьес кӏиго сон бана, амма цингӏаги унтун гьев тохтурасухъе вачине ккечӏо. Суннаталда рекъон, сахлъи щула гьабиялъе хурдузул ва пихъил дару гьабулелъул дица гьесие».\nМарият, цо лъимадул эбел: «Лъимаде грипп бахинаредухъ, прививка гьабула дица. Гьединго хӏаракат бахъула квачараб заманалъ хинаб ретӏел ретӏине, иммунитет щула гьабулел дарманал кьезе. Даруги дица, лъимадухъе тохтурги ахӏун, рокъобго гьабизе хӏаракат бахъула. Прививка гьабунигицин цо-цо мехалда квачалъ унтичӏого хутӏуларо. Гьединлъидал киналго рихьизарунщинал прививкаби гьаризе ракӏалда гьечӏо. Лъимадул сахлъиялъе пайдаялдаса цӏикӏкӏун зарал гьабулелин рикӏкӏунел прививкаби чанго рагӏана дида. Гьез зарал гьабулин абун, гӏадада бицунеб батиларин гӏадамазин ракӏалдеги ккола».\nДиана, кӏиго лъимадул эбел: «Гриппалде яги цогидал рахунел унтабазде данде лъималазе гьарулел прививкабаздаса дица инкар гьабуларо. Рокъоб бокьа-бокьараб даруги гьабун, лъималги толаро. Щиб кканиги тохтурасухъе уна, ва официалияб медицинаялда дандекколареб щибго жо гьабуларо. Прививкаби нилъер халкъалъул къадар дагь гьабизе квешал гӏадамаз ургъараб сихӏирлъи бугин абун, Интернеталдасан рицунел маргьабаздаги дун божуларо. Даим социалиял гьиназдасан тӏиритӏизарулел рукӏуна къватӏисел пачалихъаздаса рачӏунел ругин гӏадамал сакъат гьарулел вакцинабиян. Цо-цо улбул гьел харбазда божулелги руго. Амма дица рикӏкӏуна гьелъул гӏаксалда бугин хӏакъикъатин абун. Нилъер улкаялда гӏадамал цӏикӏкӏинариялъе гӏемерал программаби руго гӏуцӏун, лъимал гьариледухъ, федералияб бюджеталдаса гӏемераб гӏарац буго биччалеб. Гьебщинаб хӏалтӏуда тӏад мухъ цӏалеб жолъун кколарищ, квешал прививкаби гьарун, гӏадамал дагь гьари?..»\nТохтуралъул пикру\nИсана гриппалдаса цӏуниялъе щиб дару-сабаб гьабун лъикӏ, яги прививкаби гьарун тӏубалищали цӏехон, дун щвана Махӏачхъалаялъул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудиновалъухъе. Гьелъ бицана ахираб заманалда квачалъул унтиялъ цӏа-кан бахарал лъималазухъе рокъое гӏемер ахӏулин жий.\n— Гриппалдаса цӏунизе кумек гьабула прививкабаз. Гьединго грипп баккулеб заманалъ, иммунитет щула гьабизе хӏаракат бахъизе ккола. Цо-цояз Интернеталдасан бицунелда божун, прививкабаздаса инкар гьабулеб буго. Гриппалъул вакцина гьабизе бегьулелги бегьуларелги бакӏал рукӏуна, гьеб чӏезабула тохтурас. Прививкаби гьаризе бегьуларо гьеб вакцинаялда жанир ругел жалазде аллергия бугони, цӏа-кан бахун унтун ругони.\nГъоркьиса республикаялда тӏибитӏун букӏана корь, паратит ва месед унти. Гьел ккола некӏогоялдаса нахъе гӏадамазда кӏочон тун рукӏарал унтаби. Гьел унтаби тӏиритӏиялъе гӏиллалъун букӏинги чӏезабуна цо-цо эбел-инсуца прививкабаздаса инкар гьаби.\nГриппалъ чӏахӏияздаса цӏикӏкӏун лъимал унтулел руго. Гӏемерисеб мехалда хъизамалде грипп бачун бачӏуна лъималаз. Гьедин, хехго унти бахуна загӏипаб сахлъи бугел чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаздеги. Инфекция бахуна гьаваялдасан, хӏацӏудасан. Вирус хьвадула инсанасул хӏухьел цӏалел нухаздасан, хадуб, гьенир ругел сахал клеткабазулъги чӏун, цебеса цебе ун, щибаб вирусалъул цӏияб азарго вирусги лъугьуна. Гьелдалъун гӏамерисез гьадингояб гӏиси-бикъинаб жоян толеб квачалъул унти буссине бегьула фарингит, ларингит, трахеит унтабазде. Амма мегӏерччин яги квачалъул унтаби грипп бугин абун, мекъал пикраби рижулел руго гӏадамазул, гӏемерисезда гьел ратӏарахъизеги лъаларо.\nГрипп яги ОРВИ\nОРВИялъул унти бугони, цин мегӏер бацула, хъухӏуди ва мегӏерччин баккула. Цӏа-кан бахун хадуб, гьеб гӏодобе буссун гурони баккуларо мегӏерччинги хъухӏудиги. Цӏа-кан бахуна 37,5-38 градусалде. ОРВИялъул унти бугони, черх халатбахъун загӏипго хутӏула. Грипп абуни байбихьула хехго цӏа-канги бахун, цадахъго бетӏерги ччорбалги унтула. Гриппалъ унтаразул сахлъиялъе зарал ккола, гӏемерисезул гьелдаса хадуб цогидал унтабиги раккизарула. Статистикиял баяназда рекъон, гриппалъ унтаразул 42 процент холеб буго. Гриппалдаса хадур гӏемерисеб мехалда лъугьуна бронхит, гьуърузул унти, пневмония. Гьединлъидал квачалъул унтийищ, ОРВИйищ, гриппищ бугебали батӏабахъизе лъазе ккола ва жиндир заманалда даруги гьабизе ккола.\nГриппалъ унтарав чияс гӏемер лъим гьекъезе ккола. Гьесул чорхолъ бугеб лъим гӏетӏ бан хадуб дагьлъун букӏунелъул. 38 градусалдаса гӏодобегӏанаб температура бугони, цӏа-кан гӏодобе ккезабизе бегьуларо, щайгурелъул гьеб ккола организмалъ жибго цӏунулеб къагӏида. Цӏа-кан гӏодобе ккезабиялъе лъикӏаблъун ва зарал гьечӏеблъун рикӏкӏуна парацетамол.\nТохтурасухъе инегӏанги хъегӏиялъе хурдузул дараби гьаризе бегьула. Хӏалтӏизаризе бегьула багульникалъул гьабураб тӏокӏкӏел, каранзул унтабазул хурдул, алтей ва гъаличуялъул гьарурал дараби.\nЩекъер унтулеб бугони, гьеб хулизе бегьула махӏквешалъул, шалфеялъул, календулаялъул гьабураб тӏокӏкӏелалъ, цӏамгун сода жубараб лъеца, мирамистин даруялъ. Амма щивав чиясе дандекколебги кколаребги дару букӏуна, гьединлъидал лъикӏаб букӏина нужерго бакӏалъулав тохтурасда цӏехани.\nПатӏимат Султӏамухӏамадова"}
{"slug": "548-muslimatal-ul-zhavgar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=548-muslimatal-ul-zhavgar", "title": "«Муслиматалъул» жавгьар", "date": "2017-10-27 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏуядаса Патӏиматие кӏиабилеб бакӏ щвана\n23 октябралда, Ингушетиялъул тахшагьар Магасалда тӏобитӏана канлъукъал ясазда гьоркьоб «Ракӏал гвангъизарулеб» абураб Къуръан цӏалиялъул рахъалъ къец. Гьениб кӏиабилеб бакӏ ккуна Гъуниб районалъул Кӏуядаса Патӏимат Кимайловалъ, ва гьей мустахӏикълъана 2018 соналда чӏобого хӏежалде ине ихтияр кьолеб сертификаталъе.\nПатӏиматие исламияб лъай щвана «Муслимат» абураб Дагъистаналъул регионалияб руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялда цебе рагьараб рухӏияб берцинлъиялъул школалда.\nКӏиго гӏасруялъ цебе Луи Брайль абулев тифлопедагогас (беццазе дарсал кьолев) беццазе ургъараб цӏалул къагӏидаялда рекъон, Россиялда Къуръан малъизе ва цӏализе рес щвана 11 соналъ цебе. Татарстан Республикаялъул «ЯРДЕМ» реабилитациялъулаб централъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна улкаялъулго канлъукъал бусурбабазе Къуръан цӏализе рес щвеледухъ Брайлил шрифталъ хъварал Къуръанал хӏадуризе. Дагъистаналдаги Брайлил къагӏида хӏалтӏизабун Аллагьасул калам жидецаго цӏализе рес щвана канлъукъазе.\n2010 соналда «Муслиматалдаги» байбихьана канлъукъал руччабазда Къуръан цӏализе малъизе. «Муслимат» гӏуцӏиялъул директор Хадижат Шихалиевалъ Турциялдаса рачӏинарун рукӏана беццазда цӏализе бажарулел Брайлил къагӏидаялда хъварал Къуръанал ва Кабардино-Балкариядаса мугӏалимги ахӏун йикӏана. Гьеб заманалда 10 сон барай Патӏиматицаги цӏалана Къуръан. Кабардино-Балкариялдаса ячӏун йикӏарай Хӏафса жиндирго ватӏаналде тӏадюссана ункъо соналъ цее ва канлъукъазда Къуръан малъизе чи гьечӏого хутӏана. Гьез Турциялдецин гьари битӏун букӏана канлъукъал ясазда Къуръан малъизе чи витӏеян. Турказ гьари къабул гьабуна, амма турк мацӏалда гурони дарсал рачине бажаруларей мугӏалималъ канлъукъал лъималазе дарсал кин кьелелин абун тезе ккана.\nПатӏимат Кимайлова цӏалулей йиго Махӏачхъалаялъул коррекциялъулаб IV тайпаялъул школа-интернаталъул 10 классалда. «Муслиматалде» гьей хьвадизе байбихьана анкьго сон баралдаса нахъе.\n«Кӏуди-кӏодол мадугьалихъ гӏумру гьабун вукӏана Ахӏмад-хӏажи Тӏагьаев. Гьев гӏемер вачӏунаан кӏудихъе. Гьес ракӏалдещвезабуна нижеда бусурбанал руччабазул жамгӏияб гӏуцӏи букӏинги, дун гьение цӏализе йитӏизе кколинги абулаан гьес. Амма дун цӏализе лъугьиналде Тӏагьаев гӏумруялдаса ватӏалъана, «Муслиматалдеги» кӏодоца ячана тӏоцее», — ян бицана Патӏиматица.\nИнгушетиялда тӏобитӏараб конкурсалда кӏиго батӏияб номинация букӏана. Тӏоцебеселда рекъон, Къуръаналдаса кӏиго сура рекӏехъе бицине кколаан, кӏиабилеб номинациялда, килщаз кващун, Брайлил къагӏидаялда, Къуръаналъул цо сура цӏализе кколаан.\n«Ингушетиялда ниж цӏакъ лъикӏ къабул гьаруна, гьалбадерил къимат гьабулел гӏадамал ратана гьел. Дида ракӏалдего кколароан дун бергьинин. Гьений гӏахьаллъизе щваралдасагицин йохун йикӏана. Амма дица рикӏкӏуна цо нухалда гьабун бажаричӏони, квер хьвагӏун тезе бегьуларин, нилъерго хьулазда божизе кколин. Цо нухалда гьабун бажаричӏеб кӏиабилеб нухалдаги хӏалбихьани, бажаризе бегьула», — ян бицана хадубги Патӏиматица.\nБрайлил къагӏидаялъ хъварал тӏахьазда цо хӏарпалъул бакӏалда анлъго тӏанкӏ букӏуна, цоял тӏанкӏал къватӏирехун цогидал жанирехун руссарал. Гӏурус ва ингилис мацӏазда Брайлил къагӏидаялда цӏализе гьелда школалдаго малъана, гӏараб мацӏалда цӏализе «Муслиматалдаги» малъана.\n«Муслиматалда» тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбираздаги гӏемер йихьулаан Патӏимат кучӏдул цӏалулей ва батӏи-батӏиял церерахъиназда гӏахьаллъулей. Канлъи бихьичӏониги, килщаз цӏалунги Къуръан цӏализе щвеялдаса йохун йикӏуна гьей.\nДунялалъул берцинлъиги, чӏухӏиги ва гьелдаго цадахъ чороклъиги бихьуларей Патӏиматил анищлъун букӏана хӏежалде ин ва Къуръан рекӏехъе лъазаби. Жакъаги Патӏимат хьвадула рухӏияб берцинлъиялъул школалде Къуръан рекӏехъе лъазабизе, гьабсагӏаталда 15 сура лъала гьелда.\nКинаб махщел тӏаса бищилебин цӏехедал, Патӏиматица бицана адвокатлъун хӏалтӏизе бокьун бугин. Гьединго гьелъул анищ буго гӏараб, ингилис ва турк мацӏал лъазаризеги. Амма бищунго кӏудияб анищ бугила дунго гӏадинал лъималазда Къуръан цӏализе малъизе.\nМагӏарул руччабаздехун щиб абизе бокьилебан цӏехедал, Патӏиматица абуна:\n«Гӏемерисел руччаби ругьунлъун руго телефоналде руссун заман гӏадада тӏамизе. Дица дирго эбелалдаги кӏододаги абула, телефоналъ кӏалъан заман гӏадада щайин хвезабулеб, гьелъул бакӏалда цогӏаги лъикӏаб, пайдаяб иш гьабизе бегьулеб мехалдаян. Руччабазе гьарула пайдаялда заман тӏобитӏизе тавпикъ. Телефоналде руссун гӏадада заман биччалеб бакӏалда, «Муслиматалдеги» рачӏун, Къуръан цӏалани ва жидерго диниябгун рухӏияб рахъ цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏани, лъикӏаб букӏинаан руччабазе. Нагагь гьедин гьабизе бажарулеб батичӏони яги захӏмалъи-къварилъиялъулъ ратани, Аллагьасда гьареянги абила дица. Аллагь гурхӏулев вугелъул, нилъер захӏмалъабиги Аллагьасда гурони ричӏчӏуларо. Аллагьас нилъее кьурал къояздасаги, нилъее кьун ругел ресаздасаги битӏун пайда босизе тавпикъ кьеги киназего», — ян.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "549-pekhlevanal-moskva-asir-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=549-pekhlevanal-moskva-asir-gabuna", "title": "«Пехлеваналъ» Москва асир гьабуна", "date": "2017-10-27 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаналда букӏине ккола цирк\nМаксим Галкиница бачунеб «Киназдасаго цӏакъав» передачаялда Дагъистаналъул «Пехлеван» циркалъул студиялъул гӏисинал палугьабазул церерахъиналъ балагьарал рази гьаруна. Гьезул хӏакъалъулъ рагӏидал, гьел маялъул ахиралда гьеб шоуялда гӏахьаллъизе ахӏун рукӏана. Останкино студиялда гӏисинал палугьабазул церерахъиналъул видеоролик бахъун хадуб, коллектив къабул гьабуна РФялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул кидагосеб вакиллъиялъ. ДРялъул вакиласул ишал тӏуралей Изумруд Мухӏудиновалъ абуна: «Кибго гьечӏо гьазул гӏадаб палугьабазул школа. Жидерго гьунаралдалъун гьаз Дагъистаналъул цӏар дунялалдаго рагӏизабуна», — ян. Гьениб лъималазе сайгъаталги кьуна.\nДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Асхӏабгӏали Хӏасановас бицана циркалъул студия 2004 соналъул апрелалдаса нахъе хӏалтӏулеб бугилан. Коллективалда рукӏанила палугьабиги, акробаталги, акробатал-комикалги, акробат-кьурдухъанги ва зурмихъангун къолохъанги. Жакъа гьес нухмалъи гьабулеб буго кӏиго коллективалъе: палугьабазул «Пехлеван» студиялъеги «Дагъистаналъул цӏумал» абулеб лъималазул школа-искусствоялъеги. «Киназдасаго цӏакъав» шоуялда лъабго метралъул борхалъиялдасан цӏараб кварида лъималаз рихьизаруна гӏадатиял гурел гьунарал. «Пехлеваналъул» коллектив ккола Рабадан Абакаровасул ва Ярагъи Хӏажикъурбановасул цӏаралда тӏоритӏулел «Пагьламан» абулел республикаялъул палугьабазул конкурсазул кидаго бергьенлъи босулеб, «Бегущая по волнам» абулеб лъималазул ва гӏолилазул анкьабилеб халкъазда гьоркьосеб фестиваль-конкурсалда Гран-при босараб (2004 сон, Москва), «Звезды Кавказа светят в Москве» (2012 сон), «Весна Победы» (2012 сон, Москва), «Русские сезоны в Париже – Хрустальная пирамида» (2013 сон, Париж) абулел фестивалазда Гран-при босараб коллектив. «Киназдасаго цӏакъав» шоуялда, квариде рахиналда цебе, гӏисинал артистал Мухӏамад Къурбановас, Сабрина Къурбановалъ, Сапият Мухӏамадовалъ, Марям Сайгидахӏмадовалъ, Жавгьарат Сайгидахӏмадовалъ программа бачунев Максим Галкинида бицана жидерго коллективалъул ва палугьанлъиялъе ругьунлъизе жалго иналъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ.\nШоуялъул хӏасил гьабулаго, Максим Галкиница абуна: «Бихьаниги божизе захӏмат буго! Кинал хӏалчӏахъадалха нуж ругел! Дун чӏухӏула Дагъистаналдаса! Киндай буго нужедаса Дагъистан чӏухӏун!», — ан. Щивав артистасе гьес кьуна «Киназдасаго цӏакъав» абулеб медальги, гьуинлъабазул цӏурал сумкабиги, расанкӏабиги.\nГалкинилгун букӏараб къокъабго гара-чӏвариялда Асхӏабгӏали Хӏасановас бицана жинца куцалел лъималаз къватӏисел пачалихъазда тӏоритӏулел къецазда кидаго тӏоцересел бакӏал росулинги.\nГӏолохъанал палугьабазин абуни нижеда бицана Москваялъул берцинлъиялъул, Галкинилгун букӏараб дандчӏваялъул ва жидерго церерахъиналъул хӏакъалъулъ. Махӏачхъала шагьаралъул № 35 школалъул цӏалдохъан, анцӏго сон барай Мухӏамадова Сапиятица абуна квариде рахин жидее бугила гӏадатияб иш, амма москваялъулаз гьеб цӏакъ кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏанила, гӏемер рецциялъ жал нечезарунила. Анлъго сон барав Къурбанов Мухӏамад чӏухӏун вугоан Галкиница квер бачиналдаса, хӏикмалъизавун вугоан Москва шагьаралъул берцинлъиялъ.\nАнкьабилеб классалъул цӏалдохъан, 12 сон барай Сайгидахӏмадова Жавгьаратица абуна лъабабилеб сон бугила жиндир циркалъул студиялде хьвадулелдаса. Цӏакъ бокьулила квариде яхине ва балагьарал рохизаризе. Махӏачхъала шагьаралъул № 42 школалъул лъабабилеб классалъул цӏалдохъан, ичӏго сон барай Сайгидахӏмадова Марямица бицана, «Дагъистаналъе рецц!» абун балагьараз цадахъ ахӏулеб мехалда, жиндир рохалие гӏурхъиго букӏинчӏила.\nНижергун букӏараб гара-чӏвариялда Асхӏабгӏали Хӏасановас абуна: «Парижалда тӏобитӏараб фестиваль-конкурсалда, жюриялъул председатель Фридрик Аудигонд хӏикмалъизавуна нилъер палугьабазул гьунаралъ. Кӏинусго коллектив гӏахьаллъараб гьеб фестивалалда гьес конкурсги гала-концертги нижедасан байбихьизе тӏамуна. Гьес абуна гьадинал лъимал рижулеб ва бокьараб мехалда гьезул гьунаралъухъ балагьизе рес бугеб нужер халкъ талихӏаб батилин. Турказул хъвадарухъан Назим Хӏикметица хъван букӏана Дагъистаналъул халкъалъул букӏине кколила кидаго хӏалтӏулеб цирк ва лъикӏаб букӏинаанила гьелъул кьучӏалда республикаялда Тӏолгосоюзалъул палугьабазул школа гӏуцӏани. Гьебго пикру такрар гьабун букӏана машгьурав иллюзионист Эмил Киоцаги. Республикаялда нилъерго цирк гӏуцӏизе кколин ахӏи балеб буго дица 1995 соналдаса нахъе. Опералъул театр рагьилалде цебе гьаниб цирк букӏине кколаан. Нилъер гӏадал чотӏахъабиги, къуватал гӏолохъабиги, палугьабиги, гьунарчагӏиги кирго гьечӏо. Пайда щиб, хӏакимзабазе цирк къваригӏун гьечӏо, чӏахӏиял байрамазда церерахъине хӏажалъидал гурони ниж гьездаги рихьуларо», -ян.\nЦиркалъул школалде росулел лъималазул хӏакъалъулъ бицунаго, Асхӏабгӏалица абуна, школазде ун, ралагьулила гьунар бугел лъимал. Щиб-щибниги жоялде руссун течӏого, эбел-инсулги рес бугила лъимер жидер школалде кьезе.\n«ДагъОгниялда буго, лъималазул циркалъул школа. Махӏачхъалаялда букӏине ккола чӏахӏиязулги гӏисиназулги цадахъаб, кидаго хӏалтӏулеб цирк. Рамазан Гӏабдулатӏиповас абун букӏана цирк рагьиялъе кумек гьабилилан, Васильевасдасагӏаги гьелъие кумек щвелеб батила. Палугьанлъиялъе дица ругьун гьавуна 500-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏолилав. Республикаялда цирк букӏарабани, гьезие хӏалтӏизе бакӏ букӏинаан, Дагъистаналъул цӏарги гьез дунялалдаго рагӏизабилаан», — ан абуна А. Хӏасановас.\nГара-чӏвариялъул ахиралда Асхӏабгӏалица гьарана шоуялде иналъе жидее кумек гьабурал Махӏачхъала шагьаралъул маххул нухлул вокзалалъул начальник Рамазан Юсуповасе, вокзалалъул кӏудияй кассир Зарипат Мирзоевалъе, лъималазе миллиял костюмал хӏадурарай Хӏурият Малаевалъе ва гӏарцулаб кумек гьабурав Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул налогазул инспекциялъул начальник Заур Муртазагӏалиевасе жидер рахъалдасан кӏудияб баркала кьейиланги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "550-ral-ad-kveg-arav-khvel-gechiev-bakhiarchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=550-ral-ad-kveg-arav-khvel-gechiev-bakhiarchi", "title": "Ралъад квегъарав хвел гьечӏев Бахӏарчи", "date": "2017-10-27 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мухӏамад Хӏажиев гьавуралдаса 110 тӏубаялда бан\nМахӏачхъалаялдаги Мохӏорги тӏоритӏана юбилеялъулал тадбирал\nСовет Союзалъул Бахӏарчи, кӏиабилеб рангалъул капитан, Северияб флотилиялъул лъелъ рукъун хьвадулел гумузул дивизиялъул командир Мухӏамад Хӏажиев гьавуралдаса 110 сон тӏубаялда бан тадбир тӏобитӏана гьесул ватӏаналда. Гьелда гӏахьаллъана Гъуниб районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏамадов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов, Гӏахъуша районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏарамов, Мурманск областалъул Хӏажиево шагьаралъул вукӏарав мэр Владимир Мусатян, «Александровск» ЗАТОялъул администрациялъул бетӏер Семен Кауров, гьебго администрациялъул гӏолилазул политикаялъул ва маданияталъул отделалъул нухмалъулей Светлана Кузнецова, Северияб флотилиялъул ралъдалъ рукъун хьвадулел атомниял гумузул 31-абилеб дивизиялъул командирасул заместитель Александр Мельник ва цогидалги.\nТадбир байбихьана райцентралда бугеб музеялдасан. Гьениб гьалбадерида бихьизабуна Мухӏамад Хӏажиевасул 110 сон тӏубаялда бан хӏадурараб выставка. Хадуб Мурманск областалъул вакилзабигун цадахъ гьалбал рачӏана Мохӏоре. Гьениб Мухӏамад Хӏажиевасул памятникалда цере тӏугьдулги лъун, Гъуниб районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏамадовас абуна: «Хӏажиево шагьаралдаса гьалбал рачӏун руго жакъа нилъехъе. Бахӏарчи жаниб гӏураб, гьесие тарбия-лъай щвараб бакӏалъулгун лъай-хъвай гьабизе гъира буго гьезул. Нижги рокьун, нилъер бахӏарчиги кӏодо гьавун Мохӏоре рачӏарал нужее буго баркала. Ниж кидаго хӏадурал руго Хӏажиево шагьаралдаса гьалбал къабул гьаризе», — ян.\nА. Мухӏарамовас, данделъаразда байрамги баркун, абуна жив Мохӏове чанго нухалъ щванин ва хадубккунги даргиязулгун гӏагарлъи бугеб гьеб росдае бокьараб суалалъулъ кумек гьабизеги хӏадурав вугин. «Мухӏамад Хӏажиевасул кьалбал нижехъа руго. Гьединлъидал гьесул юбилеялда хурхун тадбирал Гӏахъуша районалдаги тӏоритӏана. Махӏал ккола гъунисездаги нижедаги гьоркьоб бугеб гьудуллъиялъул кьо гӏадал чагӏи», — янги абуна Гӏахъуша районалъул бетӏерас.\nКӏалъазе вахъарав Бахӏарчиясул гӏагарав чи, ДНЦялъул президиумалъул председателасул ишал тӏуралев Муртазагӏали Хӏажиевас ракӏалдещвезаруна Мухӏамад Хӏажиевасул гӏумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьес тадбиралде рачӏарал киназего Хӏажиевазул рахъалдасан баркалаги загьир гьабуна.\nХалкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовас ва МВДялъул ОГИБДДялъул технадзоралъул нухмалъулев Муслим Юнусовас бицана жал дагьал цере Мурманск областалъул Хӏажиево шагьаралдаса тӏадруссанин. «Ниж гьенире щун рукӏана, областалъул Геройский поселокалъе шагьаралъул статусги кьун, гьелда цебеккун букӏараб Хӏажиево абураб цӏар тӏадбуссинабуралдаса нахъе 60 сон тӏубаялъул тадбиралда гӏахьаллъизе. Цӏакъ лъикӏ къабулги гьаруна гьез ниж. Гӏажаиблъун хутӏана Хӏажиевасул гӏумруялъул ва гьесул бахӏарчиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ нилъедасагицин мухӏканго хӏажиевалъулазда лъалеб букӏин бихьидал. Гьезул гъира букӏана Бахӏарчиясул ракь бихьизе гьанире рачӏине. Гьале гьеб къо тӏаде щвана, ва хӏажиевалъулазе рес щвана жидер шагьаралъе цӏар кьурав бахӏарчиясул ватӏаналъулгун лъай-хъвай гьабизе», — ян абуна гьез.\nЛъикӏаб дандчӏваялъухъ баркалаги кьун, Семен Кауровас абуна: «Черхалда сири балеб буго Бахӏарчи жаниб гӏураб, гучал кьурабаз, сангараз жанибе бачараб, мугӏрул тӏаралъуда бугеб Мохӏоб росу бихьидал. Ниж цӏакъ рохарал руго нужгун цадахъ гьаб тадбиралда гӏахьаллъизе рес щвеялдаса. Баркула Мохӏоб росдал жамагӏаталда, гъунисезда ва дагъистаниязда Мухӏамад Хӏажиев гьавуралдаса 110 сон тӏубай. Дагъистанги Мурманск областьги ккола вацлъиялъул регионаллъун ва абадиялъго гьеб гьедин букӏиналде хьулги буго. Хадубккунги Мухӏамад Хӏажиев гӏадинал васал куцазе тавпикъги икъбалги кьеги Дагъистаналъе», — ян.\nХадуб, данделъаразда цере рахъана районалъул росабазул школазул цӏалдохъаби. Ва къалъудаса хадуб росдал культураялъул кӏалгӏаялда тӏоритӏана миллиял спортивиял тайпабазул рахъалъ къецалги.\nБухтиб-данделъи\nГъуниб районалъул Бухти росдал школалда тӏобитӏана Бихьинчилъиялъул дарс. Совет Союзалъул Бахӏарчи Мухӏамад Хӏажиевасул 110 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏуцӏараб дарсида гӏахьаллъана Гъуниб районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Гӏисаев, районалъул рагъулав комиссар Рустам Шарапов, Бухти росдал школалъул директор Мухӏамад Юсупов, захӏматалъул ветеранал Мухӏамад Ризванов, Загьидат Къасумова ва цогидалги.\nКлассалъул къадазда ран рукӏана улкаялъул Бахӏарзазул суратал, гьезул гьунаралъул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби рахъарал газетал, церелъун рукӏана рагъулал лъугьа-бахъиназул бицунел тӏахьалги.\nДарсида гӏолилазул кӏварбуссинабуна, терроралъулги экстремизмалъулги нух тӏасабищичӏого, нилъер бахӏарчиял ракьцояздаса мисал босизе ккеялдеги, ватӏаналъе пайдаяллъун рукӏине хӏаракат гьабиялдеги.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "557-millatalda-kunchiarab-zhavgar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=557-millatalda-kunchiarab-zhavgar", "title": "Миллаталда кунчӏараб жавгьар", "date": "2017-10-27 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Рахьдал мацӏазул ва маданияталъул байрам\nАраб анкьалда ДГУялъул филологияб факультеталда тӏобитӏана Дагъистаналъул маданияталъе ва миллиял мацӏазе сайгъат гьабураб байрам. Данделъабазул зал цӏун букӏана рахьдал мацӏги миллияб маданиятги бокьулел гьеб факультеталъул студентазулги преподавателазулги. Гӏагараб каламги, миллияб маданияталъул гъасда бакараб цӏаги, цӏадухъе ракӏарарал миллияб партал ретӏарал гӏолилалги, кечӏ-бакъанги, кьурди-хъатги — гьеб киналъго цебечӏезабулеб букӏана гӏадатаб росдал хӏайранаб сипат. Гьале росдал годекӏан, гьенир гӏодор чӏарал гӏакъилал херал. Чан гӏакъиллъиха бижараб мугӏрул годекӏабахъ! Дагьабго добегӏан — ицц, лъел цӏезе руккел гьабун гьенире унел гӏолил ясал. Аскӏойго — гӏумруялъул хӏалбихьи бугей херай магӏарулай. Гьелъ ясазе кьолел рукӏана гӏумруялъул дарсал. Ракӏалдещвезабуна, масала, къвалги(квар) бан, гӏеретӏ баччулеб букӏараб куц. Бицана цӏураб лъел гӏеретӏгун сапаралъ гӏагарлъиялъ нухарегӏулеб гӏадаталъул хӏакъалъулъ. Магӏарухъ гьанжеги цӏунун хутӏун буго гьеб берцинаб гӏадат. Нагагь, гӏеретӏги чӏобого бугони, данде сапаралъ унев чиги кколев вугони, тӏадруссун уна, гьев чи цевеса инегӏан. Гьале умумуз щар чӏвалеб букӏараб бархъалисезул дадги аскӏобго лъимер тӏад бущараб киниги. Чӏвалеб щарги, кӏибикӏулеб киниги, гӏисинккун ахӏулеб кинидахъ кечӏги — гьеб киналъго чӏаго гьабун букӏана магӏарул майдан. Лъана ясазда тӏидул ва куракул карщал гьариялъул балъголъаби, мугь балеб куц, гьенибго хӏалбихьана тӏохол гьарурал къаязул. Бицана ясазе тӏи балеб куцалъул хӏакъалъулъги. Цого хӏарччиниса квана ражигун ва бакъвараб бакьгун магӏарул хинкӏалги. Гьале гьалда абулебги батила богӏол рокьийилан. Цадахъ квараб гьелда тӏагӏамги батӏияб букӏунеб буго. Киназго хӏалбихьана магӏарул хурдузул чаялъулги. Цо заманалдасан бахъана пандрил гьаракьги, зурма-къолол гьаркьихъе тӏаде щвана бахӏарай. Бахӏаралъе ккуна нухги, ахӏана бахӏарал кӏодогьарурал кучӏдулги. Бахӏаразул кӏалдиб гьоцӏоги хъвана. Гьалеха дой, гьумерги гормендоялъ бахчарай, умумузул парталги ретӏарай нечарай бахӏарай. Бахӏаразе гьарулел гьара-рахьиялги, малъа-хъваялги, цо-цо хьамиялги рагӏана гьеб къоялъ гӏолилазда. Букӏинчӏо байрамалда студентал ва преподавателал абураб гӏорхъичӏвай. Киналго цолъун лъугьараб гьудуллъиялъ асир гьарун рукӏана байрам гӏуцӏаралги гьелда гӏахьаллъулелги.\nЩибаб миллаталъул вакилзабаз рихьизаруна жидеего хасал гӏадатал. Миллияб кванил махӏазги гьелъул тӏагӏамалъги гӏажаибаб нур базабун букӏана гьудуллъиялде сверараб гьеб байрамалда. Гьеб къоялъ гӏажаибго берцин рагӏулеб букӏана гӏагараб калам.\nЩибаб миллаталъул майданалде гьоболлъухъ щвана цогидал миллатал. Рагьана цоцазе богогьанлъиялъул балъголъаби. Гьолочӏвараб гӏатӏги гьелъул хинкӏалги гьарулеб куцалъул цогидазе бицана магӏарул майданалдаса гӏахьалчагӏаз. Ва ахиралда гьабуна киналго гӏахьаллъараб миллияб кьурди.\nЧӏахъаги нилъер рахьдал мацӏ!"}
{"slug": "567-gava-bak-khisidal-rag-arulel-giuzrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=567-gava-bak-khisidal-rag-arulel-giuzrabi", "title": "Гьава-бакъ хисидал, рагъарулел гӏузраби", "date": "2017-11-13 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Хаслихъе чехь-бакь ва рукьби унтиларедухъ…\nТохтурзабаз абухъе, лъагӏалил щибаб заманалда рекъон раккула цо-цо унтаби. Хаслихъе къойида жаниб чанго нухалъ хисулеб гьава-бакъ букӏаго, черх гьелде ругьунлъизе заман гӏолеб гьечӏони ва сахлъи загӏипаб бугони, цо-цо унтаби лъугьине бегьула. Заманалда рекъон лъугьунел унтабазде дандечӏеялъе кинаб хӏадурлъи гьабилебали малъа-хъваял гьарула тохтурзабаз. Хаслихълъиялъул унтабаздаса цӏунизе бажаричӏони, гьезде дандечӏеялъе гьарулел хъулухъалгӏаги лъазе кколин рикӏкӏунеб буго тохтурзабаз.\nХӏухьел цӏалел\nлугбазул унтаби\nХаслихъе гӏемерисел рихьула ухӏудулел, мегӏерччин щун. Амма квачалъул унтаби сан гьабичӏого тезе бегьуларин абулеб буго специалистаз.\nХаслихъе радал ва бакъанида квачан, къалъуда хинлъун, гьава-бакъалъ «махсараде ккола» гӏемерисел. Гьединлъидал къад букӏунеб гьава-бакъалда рекъон тӏадагьго ретӏелги ретӏун рахъунел руго къватӏире.\nТохтурзабаз малъухъе, хӏухьел цӏалел лугбал унтиларо: хинго ретӏа-къани, горбода ва бетӏералда тӏад хинаб шарф ва кӏаз къалеб бугони, гьединго чара гьечӏеб жолъун ккола беэнаб нигӏмат квин, хӏухьел цӏаялъул гимнастика.\nХаслихъе гьабизе лъикӏаб дарулъун рикӏкӏуна ччугӏил кьаралъи, гьеб ккола мегӏерччиналде данде чӏолеб Д витамин гъорлъ цӏикӏкӏараб нигӏмат.\nХаслихъе гьедин хӏалуцунел гӏузрабилъун тохтурзабаз рикӏкӏуна гастрит, гастроэнтерит, колит.\nКванирукъалъул ва чехь-бакьалъул гӏузраби\nГастроэнтерологаз рикӏкӏунеб буго, хаслихъе кванирукъалъуб цӏекӏлъи хисидал ва гьелъул хӏацӏу гӏадаб жоялъул пардав, хъал (слизистая оболочка) цӏилъизе хӏажалъулел витаминал дагьлъидал, хӏалуцунин гастрит унти.\nЛъагӏалил заманаби хисулеб мехалъ гӏадат буго чорхолъ ругел кванирукъалъулгун бакьазул гӏузраби хӏалуцунеб, гьел сахлъун хадурги тӏадруссунел. Гьел унтабазул тӏоцересел гӏаламатал раккарабго, къойил щуго-анлъго нухалда сахаб квен квине кколин, гьебги дагьаб къадаралдаян малъулеб буго специалистаз.\nЛъикӏ букӏина стрессаздаса цӏунани. Сундулниги ургъалилъ рукӏун нерваби «хвани», кванирукъалъул хӏалтӏул низам хола. Кванирукъалъул жанисеб рахъалъул бидул хьвадиялъул низам хола, гьеб цӏунулеб хӏацӏу гӏадаб жоялъул хъал цӏилъуларо ва гьеб жиндирго цӏекӏлъиялъул цӏола.\nСпециалистаз гьарурал цӏех-рехазул хӏасилаз бихьизабуна гӏемерисеб мехалда гастрит хеликобактер абураб микроорганизмалъ лъугьинабулин. Гьеб ккола кванирукъалда рак унти лъугьинабулеб цӏакъ хӏинкъи бугеб микроорганизм. Цогидалго инфекциял гӏадин, хеликобактер гӏадамасде бахуна кванилъ рацӏцӏалъи цӏунулеб гьечӏони. Байбихьудаго гьеб микроорганизм чорхолъ букӏин лъаларо, гьединлъидал гӏемерисел унтаразда гьеб букӏин тӏатуна гастрит яги язва унти лъугьиндал. Тохтурзабаз лъикӏаблъун бихьизабулеб буго хеликобактер бугищали лъагӏалида жаниб цохӏо нухалдагӏаги тест гьабизе. Тӏатун хадуса гьеб бигьаго сахгьабизе кӏола, амма цо нухалда унтарав чиясе гьелъ иммунитет кьоларо – унтун хадубги цӏидасан лъугьине бегьула гьебго гӏузру. Гьединлъидал цо-цо тохтурзабаз лъикӏаблъун бихьизабула, гастриталъе яги язваялъе цо чиясе дару гьабулелъул, гьесдаго цадахъ тӏолабго хъизаналъулго халгьабизе ва гьезиеги дару гьабизе.\nТохтурасул малъа-хъваял\nРищалабазул унти бугел гӏадамазул зигарди цӏикӏкӏунеб заманлъун ккола квач ва регьел баккараб заман. Унтарал рищалаби хаслихъе гьорола, багӏарлъула, рагъаризаризе захӏмалъула.\nМедицинаялъул гӏелмабазул доктор, тохтур-кинезитерапевт Сергей Бубновскияс бицунеб буго квачалъги рагьлицаги дистрофия бугел рищалаби гурони унтизаруларин.\n«Сахал рищалабазе тӏабигӏат хисиялъул къварилъи букӏунаро. Ракьаялъе хӏажатаб энергия щола ччорбазулъан, амма лъикӏ хӏалтӏулел ччорбаздасан гурони рукьби хӏалтӏиялъе хӏажатаб жо щоларо. Ччорбал хӏалтӏулел гьечӏони, рукьбиги кколеб хӏалалда хӏалтӏуларо, цӏунизе, унтизе байбихьула. Ччорбал хӏалтӏизе байбихьигун, унтиги тӏагӏуна.\nГьединлъидал тӏабигӏаталъул гьава-бакъ хисиялдалъун рукьби цӏуниларедухъ лъикӏаб буго ччорбал хӏалтӏизарулел упражнениял гьаризе.\n1. Гьункӏусида чӏун накаби цӏикӏкӏун сукӏизариялъ – хӏатӏил угъдул, накаби, мачӏчӏаби лъикӏ хӏалтӏизарула. Гьункӏусида кӏусун хадур тӏаде рахъиналъ би лъикӏ хьвадизабула. Кӏусулелъул хӏухьел цӏазе ккола, рахъунелъул биччазе ккола. Къойида жаниб анцӏго нухалда гьединаб упражнение гьабизе лъикӏаб буго.\n2. Чохьол щукӏдузе упражненияз ургьимес лъикӏ хӏалтӏизабула. Мугъзадаги регун бохдул рорхила бетӏералде щвезегӏан, хадур риччантела. Щибаб къойил 20-50 нухалъ гьедин гьабила. Гьеб упражнениялъ мугъзагьод цӏазабула, ургьимесалъе массаж гӏадаб жо лъугьуна, чохьол тӏом щулалъула. Жанисел лугбал далун ругони яги бакьал цӏун ругони, гьеб упражнениялъ кумек гьабула.\n3. Отжиманиялъ ракӏ, керен ва бетӏер лъикӏ хӏалтӏизабиялъе кумек гьабула. Гӏодоб чӏарбида гьеб упражнение гьабизе сахав чиясухъа гурони бажаруларо. Гьединлъидал чорхолъ гӏузраби ругев чияс отжимание гьабизе ккола бакӏида яги столалда кверал лъун. Руччабазеги мастопатия унтиялдаса цӏуниялъе лъикӏаб дарулъун рикӏкӏуна отжимание. Щибаб къойил щуго-анцӏго нухалда 10 отжимание гьабизе лъикӏаб буго».\nОртопедасе суал\nКвачараб заманалда рищалаби унтиялъ рахӏатхвезабула. Даруяб гимнастикаялъ кумек гьабула гӏемерисеб мехалда. Амма упражнениял гьарулеб мехалда рищалаби унтулел ругони, гимнастика гьабизе бегьуларин абулеб рагӏана. Гьеб битӏараб бугищ?\nГимнастика гьабулаго рищалаби ва рукьби унтулел ратани, упражнениял гьаризе бегьуларо. Щайгурелъул гьелдалъун унтараб бакӏ жегиги балъаргъине рес буго. Артроз бугони рекеризе, кӏанцӏизе, гьункӏусида чӏезе, борхалъуде рахине, хехго рилълъанхъизе бегьуларо.\nУнти сасинабиялъе ва унтарал рищалаби рагъаризариялъе хасал упражнениял гьаризе бегьула тохтурасул малъа-хъваяздаса хадуб.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "568-giagarab-rajonal-ul-tarikhgi-kh-valago", "url": "https://hakikat.info/?nationals=568-giagarab-rajonal-ul-tarikhgi-kh-valago", "title": "Гӏагараб районалъул тарихги хъвалаго…", "date": "2017-11-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Цӏумадисезул гьаракь» газеталъе кьучӏ лъуралдаса 80 сон сверана\nВКП(б)ялъул Цӏумада райкомалъул ва райисполкомалъул тӏалабалда рекъон, ВКП(б)ялъул Дагъистан Обкомалъул ва Совнаркомалъул хӏукмуялдалъун бихьизабуна Цӏумада районалъул газета биччазе. 1937 соналъул тӏоцебесеб декабралда «Ленинил нух» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе бачӏана гьелъул тӏоцебесеб номер.\nГьелде щвезегӏан Цӏумаде бачӏунеб букӏана, республикаялъулаб газеталъунги букӏун, 1934 соналдаса нахъе Болъихъ, Цӏумада, Гӏахьвахъ ва Гумбет районазда гьоркьосеблъун гьабун, Болъихъ бахъулеб букӏараб «Социализмаялъулъ байрахъ» газета. Гьелъул бакӏалда «Магӏарул большевик» абураб цӏияб цӏаралда гъоркь 1934 соналъул сентябралдаса нахъе Махӏачхъалаялда бахъизе байбихьана магӏарул областалъулаб газета.\nБолъихъа Агъвалибе рехана типографиялъул хӏарпал рищулеб станокги цогидаб хӏажатаб алатги. Болъихъ редакциялде хӏалбихьи босиялъе, махщалие ругьун гьариялъе ритӏун рукӏана рукӏинесел редакциялъул хӏалтӏухъаби. Байбихьуда газета бахъиялъе, гьеб къватӏибе биччаялъе кумек гьабуна «Магӏарул большевик» газеталъул редактор Ражаб Динмухӏамаевас, «Социализмаялъул байрахъ» газеталъул редактор Абакар Тӏагьировас. Авалалда гьитӏинабго букӏана «Ленинил нухалъул» коллектив, лъабго-ункъо чи вукӏана гьенив хӏалтӏулев.\n1938 соналъул ахиралде щвезегӏан «Ленинил нух» бахъулаан латиналъ, хадуб, хъвай-хъвагӏай кириллицаялде бачиндал, газета биччазе байбихьана гьеб алипалда.\nУнкъого сонил тарихалда жаниб газеталъ нахъа тана захӏматаб ва гьайбатаб нух. Советияб пачалихъалъул хӏалуцарал соназда, социалияб гӏуцӏи хисидал, жамгӏияталда кколел рукӏарал лъугьа-бахъиназда рекъон, къокъине ккана газетаги гьелъул журналисталги. Арал соназда жаниб газеталъе нухмалъи гьабуна анцӏила ункъо редакторас, хисана журналистазул чанго гӏел, газеталда цӏарал. Амма хисичӏого хутӏана газеталда тӏадаб борчги ккураб нухги: районалъул гӏумру бихьизаби, гьеб рухӏиябгун культурияб, социалиябгун лъайкьеялъул, сахлъицӏуниялъул рахъалъ цебетӏезабиялъе квербакъи. Газеталъ хъвана захӏматалъул церехъабазулги, гӏаммал магӏишатазда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги, щварал бергьенлъабазулги хӏакъалъулъ ва тӏатинаруна гӏумруялъулъ дандчӏвалел гӏунгутӏаби.\nМагӏарухъ радиоги хӏалтӏуларел, телевизорги гьечӏел дол соназда «Ленинил нух» букӏана районалдаги республикаялдаги лъугьунелъул хӏакъалъулъ халкъалъухъе щвезабулеб чапарлъун.\nРайоналъул газеталда цебечӏараб масъалалъун букӏана жамгӏияталъул рухӏияб гӏумруялъул тӏолалго рахъазда цӏияб, социалистияб идеология бергьинабиялъе гӏоло захӏматчагӏи магӏишатияб, пачалихъалъулаб ва культурияб гӏуцӏарухъанлъиялде гьоркьоре цӏай, лъикӏаб хӏалбихьиялъе, халкъияб лъай ва сахлъи цӏуни цебетӏезабиялъе, рукӏи-рахъиналъе гӏоло къеркьей.\nЦӏумадисезул газеталъул архивалда ругел цересел номеразул тӏогьиллъарал тӏанчал регулаго, сурат бахъараб гӏадин, якъинго цебечӏолеб буго ункъого соналда жаниб районалъ нахъа тараб нух: культура, лъай, росдал магӏишат, гӏадамазул гӏумру, инсанасул къисмат. Хӏакъикъаталдаги газета лъугьун буго районалъулги гьелъул гӏадамазул гӏумруялъулги хӏакъалъулъ хъвараб кӏудияб тарихияб тӏехьлъун.\nГазета гӏуцӏулеб мех букӏана магӏарухъ гӏаммал магӏишатал-колхозал гьаризе байбихьараб, ликбезал, мактабал рагьун лъавукълъи лъугӏизабиялде тӏаделъараб. Гьеб ишалъулъ кӏудияб бутӏа лъуна газеталъги.\nГазеталъул рубрикабаз бицунеб буго дол хӏалуцарал соназул, цӏияб идеологиялда рекъон рахъулел рукӏарал макъалабазул хӏакъалъулъ. «Коллективизация – нилъер букӏинесеб», «Гӏаммал магӏишатал нилъер талихӏ ккола», «Кулакал яризаре», «Кулакал – халкъалъул тушбаби», «Лъавукълъи лъугӏизабизин», «Басриял гӏадатал гӏумруялдаса рачахъилин», «Киналго – ликбезазде», «Рухӏанияб тайпа нилъер чагӏи гуро» ва гь.ц.\nХасго цӏикӏкӏараб хӏаракатчилъи газеталъ бихьизабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда. «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе гӏоло», «Фашистазе хвел», «Бергьенлъи нилъехъ букӏине буго» абурал рубрикабазда гъоркь газеталда рахъана анцӏ-анцӏ макъалаби. Совинформбюроялъул лъазабиял, фронтазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицунел макъалабиги, районцоял фронтовиказул кагъталги, гьезул бахӏарчиял ишазул, районалъул захӏматчагӏаз бергьенлъиялъе гӏоло бакӏарараб гӏарцул, гӏи-боцӏул, хӏакъалъулъ материалалги.\nЦӏумада районалъул газеталъул ва мухбирзабазул кидагосеб бухьен букӏана республикаялъул магӏарул аслияб газеталъулгун. «Багӏараб байрахъалде» хъвадарулезда гьоркьор рукӏана Ж. Гӏабдусаламов, М. Гӏаликъадиев, Гӏ. Гӏабдусаламов, Гӏ. Хӏамзатов, Гӏ. Хӏажимухӏамадов, М. Мухӏамадов, М. Закаряев, М. Абакаров, Хӏ. Гӏумаров, М. Ибрагьимов, А. Камилов, С. Давудов ва гӏемерал цогидал.\nЦӏумадисезул «Колхозчи» газеталдаги «Багӏараб байрахъ» газеталдаги гьоркьор рукӏарал гъункарал бухьеназул бицунеб цо мисал. Араб гӏасруялъул ункъоабилел соназул авалалда кӏиябго газеталъул редакциялде гӏемерал гӏарзал-кагътал рачӏунел рукӏана Цӏумада районалъул росабалъа гӏумруялда дандчӏвалел захӏмалъабазул, гьечӏел шартӏазул хӏакъалъулъ бицун. Масала, росабалъе нухал, ток гьечӏолъиялъул, тахшагьаралдаса Агъвалибе автобус хьвадиялъул гьечӏеб гӏадлуялъул хӏакъалъулъ, сахлъицӏуниялда, лъайкьеялда хурхарал ва гь. ц. Хӏакъикъаталдаги, гӏадамазул тӏалабал, гӏарзал кьучӏ бугел, ритӏарал рукӏана. Гьебги хӏисабалде босун, «Багӏараб байрахъалъул» редактор Хӏ. Гӏариповас КПССалъул Цӏумада райкомалъул тӏоцевесев секретарь Ш. Мухӏамадовасулгун, райисполкомалъул председатель Хӏ. Мухӏамадкаримовасулгун дандги бан, «Колхозчиялъул» ва «Багӏараб байрахъул» хӏаракаталдалъун 1983 соналъул июналда Агъвалиб тӏобитӏун буго «Кагътазул къо». Гьелда гӏахьаллъун руго Дагъавтодоралъул, Дагъэлектросетьстроялъул, Дагъпотребсоюзалъул, ДАССРалъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул ва цогидалги республикаялъул идарабазул нухмалъулел. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго кӏиябго газеталъ гуребги, «Дагестанская правда» газеталъги. Бакӏалдаго тӏубан буго районалъул гӏадамазул чанго гьари ва тӏалаб, цогидал тӏураялъе, заманги цӏан, рагӏи кьун буго. Лъалеб цебетӏей, туркӏи ккун буго районалъул гӏумруялъулъ «Кагътазул къоялъул» баракаталдалъун.\nЦӏигьабун гӏуцӏиялъул заман тӏаде щведал, хадуб коммунист партиялъул кверщелги тӏаса индал, газеталъе эркенлъи щвана гьанжелъизегӏан тӏаде нуцӏа къан букӏаралъулги хӏакъалъулъ рагьун хъвазе. Масала, газеталъ халкъалъе цӏидасан рагьана имам Шамилил тема, гьесул нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва тархъанлъиялъе гӏоло ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда магӏарулазул къеркьеялъул Кавказалъул рагъул, бахӏарчиял гӏахьалчагӏи Хъварщиса Загъаласул, Тӏиндиса Бусагӏиласул, Гӏаличуласул, Гьигьалъа Имамухӏамадил ва анцӏ-анцӏ цогидал гъазаватазул бахӏарзазул хӏакъалъулъ. Гьайгьай, заман хисиялда цадахъго хисана газеталъул гьурмалги. Щибаб моцӏалда гӏадин, газеталъ кьолеб буго «Исламалъул нух» абураб гьумер. Гьелда рахъулел руго росабазул имамзабазул, диниял хӏаракатчагӏазул макъалаби. Бицунеб буго районалдаса рахъарал исламалъул церехъабазул, гӏалимзабазул ва гь.ц.\nБатӏи-батӏиял соназда Цӏумада районалъул газеталъул гӏумруялъулъ гвангъараб лъалкӏ тана цересел редакторал – М. Загьидовас, къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ газеталъе нухмалъи гьабурав М. Залимхановас ва хехгого нилъедаса ратӏалъарал М. Жахӏпаровасги М.-С. Жахӏпаровасги.\n«Цӏумадисезул гьаракь» газета буго районалъул халкъалъе бокьулеб басмалъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула газеталъул тираж 4400-ялде бахун букӏиналъги. Магӏарул цониги районалъул газеталъул гьечӏо гьединаб тираж, хӏатта цо-цо республикаялъулал газетазулцин тираж гьелде бахунаро. Жакъа Цӏумада район экономикиябгун, социалияб ва культурияб рахъалъ ракӏчӏарал галабигун цебехун унеб букӏиналъулъ «Цӏумадисезул гьаракьалъ» лъураб ва лъолеб бугеб бутӏа кӏудияб бугин абуни, щибго гьереси букӏинаро.\nРакӏ-ракӏалъго баркула «Цӏумадисезул гьаракьалъул» 80 сонилаб юбилей, цебесебги цӏунун, цӏиябги батун, цӏалдолезе бокьулеблъун газета гьабулеб редакциялъул коллективалда ва тӏолалго газета цӏалулезда.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "570-dandel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=570-dandel-i", "title": "Данделъи", "date": "2017-11-13 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялъул алат\nГӏурус мацӏ малъиялъул рахъалъ ругел\nмасъалабазул хӏакъалъулъ бицана\nАнкьабилеб ноябралда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана гӏурус мацӏалъул учительзабазул конференция. Гьелда гӏахьаллъана тахшагьаралъул вузаздаса гӏалимзабиги, студенталги, школазул учительзабиги.\nГӏурус ва Дагъистаналъул мацӏазул бухьеназулги гьелъул пайдаял рахъазулги хӏакъалъулъ бицана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас. Республикаялда лъайкьей цебетӏезабиялъеги дунялалъулго адабияталъулгун лъай-хъвай гьабиялъеги кӏвар бугеб алатлъун рехсана гьес гӏурус мацӏ.\nГӏурус мацӏ школалда малъиялъул къагӏидабазул хӏакъалъулъ бицана №38 гимназиялъул завуч Светлана Новодворскаялъ. Цӏалдохъабазул гӏисинал къокъабиги гӏуцӏун, дидактикиял хӏаялги тӏоритӏун дарс кьуни, мацӏ лъазабиялъеги кӏалзулаб калам камиллъизабиялъеги рес букӏунин абуна гьелъ.\nКонференциялда тӏобитӏана гургинаб столги, кьуна мисалиял дарсалги."}
{"slug": "571-rakhdal-matsial-ul-k-varidab-k-isa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=571-rakhdal-matsial-ul-k-varidab-k-isa", "title": "Рахьдал мацӏалъул къваридаб къиса", "date": "2017-11-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жакъасеб къоялъул кьогӏаб хӏакъикъат\nДагъистаналъул мацӏазул масъалаби гьоркьор лъурал данделъабазда кидаго бицунаан Татарстаналдаги Башкортостаналдаги рахьдал мацӏ малъиялъул иш лъикӏ гӏуцӏун бугин. Хасго кӏварбуссинабулаан, республикабазда гӏумру гьабулел киналго халкъазул вакилзабазе чарагьечӏеб дарслъун кколин татарги башкирги мацӏазул дарсалин. Ахираб заманалда ахӏи бахъана кӏиябго республикаялда Рособрнадзоралъги РФялъул генералияб прокуратураялъги халгьаби тӏобитӏулеб бугин. Гьелъие гӏиллалъун ккана республикабазда гӏумру гьабулел гӏурусазги батӏиял миллатазул вакилзабазги рехсарал федералиял идарабазде кагътал ритӏиялъул хӏасилалда РФялъул президент Владимир Путиница кьураб буюрухъ.\n2017 соналъул 20 июлалда Йошкар-Олаялда тӏобитӏана РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Миллиял бухьеназул советалъул данделъи. Гьениб улкаялъул президентас гьадин абуна: «Гӏурус мацӏ ккола нилъер гӏемермиллатазулаб улкаялъул тӏолабго халкъ цолъизабулеб рухӏияб къолден. Гьеб лъазе ккола щивасда. Россиялъул халкъазул мацӏал – гьел ккола Россиялъул халкъазул культураялъул хаслъи гъорлъ бессараб ва гьелдаса тӏей гьечӏеб бутӏа. Конституциялъги ихтияр кьолеб буго гьел мацӏал лъазаризе. Жиндир рахьдал мацӏлъун кколареб мацӏ чиясда зулму гьабун малъизе бегьуларо. Гьединго бегьуларо гӏурус мацӏ малъиялъе рихьизарурал сагӏтал дагьлъизаризеги. Гьелде хасаб кӏваркьезе ккела РФялъул регионазул бутӏруз», — ан.\nХехаб жаваб\nБашкортостаналъул киналго школазда малъулеб букӏана башкир мацӏ. Гьениб гӏумру гьабулеб халкъалъул 25 процент ккола татарал, нусазаргоялдаса цӏикӏкӏун руго чувашалги, марийцалги, цогидалги халкъал. Башкириялдаги улбуз гӏарза хъван букӏана республикаялъул прокуратураялде. «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» федералияб законалъул 14-абилеб статьяялде мугъги чӏван, Башкириялъул прокуратураялъ гьадинаб жаваб кьуна: «Гражданазул ихтияр буго Россиялъул халкъазул рахьдал мацӏал лъазаризе. Законалда рекъон, рахьдал мацӏ малъизе ихтияр буго, амма тӏадаблъун гьабун гьечӏо, РФялъул субъектазул пачалихъияб мацӏлъун кколелги рахьдал мацӏалги чарагьечӏого малъизе. Гьединлъидал, цӏалдохъабазул эбел-инсул разилъи гьечӏони, гьезда рахьдал мацӏал, гьездаго гьоркьоб – башкиразул мацӏги – малъизе бегьуларо» -ян.\nЙошкар-Олаялда Владимир Путиница абурал рагӏабаздаса хадуб, кьучӏдасанго хисана школазда рахьдал мацӏ малъиялде БРялъул бетӏер Рустэм Хӏамитовасул букӏараб бербалагьи. Гьесул бихьизабиялда рекъон, башкир мацӏ малъизе байбихьана факультатив хӏисабалда. Амма гьебго заманалда, гьес лъазабуна, рахьдал мацӏ цӏуниялъул мурадалда, батӏи-батӏиял тадбирал хӏадуреянги. Хӏамитовасул пикруялда, школалда малъунин абун, рахьдал мацӏ цӏунун бажаруларо – гьелъие гӏуцӏизе ккола хасал шартӏал. Гьес абуна, цо миллаталъул анкьго цӏалдохъанасе рахьдал мацӏ лъазабизе бокьун бугони, масала, классалда ватани гьединав анкьго чувашав, школазда гьелъие шартӏал гӏуцӏизе ккелаянги.\nРустэм Хӏамитовас гъолбасана «Башкортостаналда пачалихъиялги гьенир гӏумру гьабулел халкъазулги мацӏал церетӏезариялъул хӏакъалъулъ» указалда гъоркь. Гьабсагӏаталда гьеб указ рикӏкӏуна миллиял мацӏал церетӏеялъе квербакъулеб аслияб законлъунги. Исана тӏобитӏараб августалъулаб учительзабазул данделъиялда аслияблъун букӏана рахьдал мацӏал малъиялъул масъала. Гьениб бицана, рахьдал мацӏ лъазабизе рес букӏине бугин, ригьалъухъ балагьичӏого, щивав башкирасе. Гьединаб рес щвезе буго интерактивиял дарсазул кумекалдалъун, ай интернет-порталалдасан цӏалиги гӏуцӏун. Гьеб данделъиялда Рустэм Хӏамитовас цӏалдохъабазул умумузда гьарана башкир мацӏ цӏунизе кумек гьабеян. «Нужее батӏияб мацӏ малъизе къваригӏун батани – малъила. Амма башкир мацӏалъе кумек хӏажат буго. Рачӏа гьелда тӏадги ургъизе. Гьеб буго нилъгоги нилъер маданияб бечелъиги цӏуниялъул суал. Гьабе кумек. Кумек гьабиялъухъ балагьунги кьола жамгӏияталъе къимат», — ан абуна гьес. Башкир мацӏалъул цониги учитель хӏалтӏудаса махӏрум гьавугеянги лъазабуна бетӏерас.\nТатар мацӏ — индусазе гӏака гӏадабго жойищ?\nТатарстаналда цӏалдохъабаз чарагьечӏого кьезе кколаан рахьдал мацӏалъул экзамен ва гьелъухъ щвараб къиматги лъолаан аттестаталда. Татар миллаталъул вакилзабазецин рекӏее гӏолеб гьечӏо гьеб иш, щайгурелъул лъималазул аттестаталъул балл гӏодобегӏан кколеб букӏун. Ахираб кӏиго соналъ Татарстаналда лъугӏулеб гьечӏо рахьдал мацӏ хириязулги гьеб рихаразулги дандечӏей. Улкаялъул президентасул рагӏабаздаса хадуб гӏемерлъана Путинихъеги федералиял идарабазухъеги цӏалдохъабазул улбуз хъварал кагътал.\n2017/2018 цӏалул соналъул байбихьуда президентас Генералияб прокуратураялдаги Рособрнадзоралдаги лъазабуна, РФялъул субъектазул школазда гӏурус мацӏ къварид гьабулеб бугищали, ай Россиялъул халкъазул мацӏазда гьоркьоса рахьдал мацӏ жидеего бокьун малъиялъул ихтияр цӏунулищали халгьабеян абун. Гьеб мехалда цӏикӏкӏана татар мацӏалде данде рагъбаялъул жигарги. Казаналъул школазда тӏоритӏизе байбихьана улбузул дандеруссинал. «Вечерняя Казань» газеталда рахъарал гьединаб дандеруссиналъулги татар мацӏалъул масъалабазулги хӏакъалъулъ бицунел макъалаби цӏалидал, бичӏчӏулеб буго жамгӏияталъул пикраби рикь-рикьун ругеблъи. Гьел пикраби релълъун руго дагъистаниязул харбазда. «Щай нижее татар мацӏ? Дир лъимер цӏализе ине буго Москваялде». «Биччанте букӏине татар мацӏ! Аслияб жо – дир вас гьаб гимназиялдаса махӏрумлъунгутӏи».\nТатарстаналъул бетӏерасги, Лъайкьеялъул министерствоялъги, школазул нухмалъулезги цогояб пикруги ккун, хӏаракат гьабулеб буго школазда рахьдал мацӏ цӏунизе. Гьеб мурадалда цӏалул ва хӏалтӏул планазда, классазул журналазда ва цогидал документазда, татар мацӏалъул бакӏалда, хъвана «рахьдал мацӏилан». Гьебги гьабуна, федералиял стандартазда «татар мацӏилан» хъван гьечӏин, «рахьдал мацӏилан» бугинги абун.\n«ТРялъул пачалихъиял мацӏалги рахьдал мацӏалги малъиялъул хӏакъалъулъ» суал лъун букӏана Татарстаналъул парламенталъул данделъиялда. Амма Рустам Миннихановас абуна, масъала жеги дандбан бахъун гьечӏин федералияб нухмалъиялъулгун. Гьединлъидал гьеб нахъе бахъана. Татарстаналъул лъайкьеялъул министр Энгел Фаттахӏовас хӏаракат гьабулеб буго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевагун дандчӏвазе ва рахьдал мацӏ хӏисабалда татар мацӏ школазда цӏунизе.\nТатарстаналда буго ункъо цӏалул план. Дагъистаналда – кӏиго. №1 ва №2 цӏалул планазда рекъон, цӏали гӏуцӏун буго Татарстаналъул гӏурус мацӏ рахьдал мацӏлъун кколел школазда. №3 цӏалул планалда рекъон, анкьида жаниб букӏине ккола татар мацӏалъул лъабго сагӏат. №4 цӏалул план хӏадурун буго гӏурус мацӏ рахьдал мацӏлъун кколарел школазе (цебеккун гьединал школазда абулаан миллиялин). Гьелда рекъон, базаялъулаб бутӏаялда чарагьечӏого рукӏине ккола «рахьдал мацӏалъулги» «литературияб цӏалиялъулги» дарсал ва аттестаталда лъола гьезухъ щварал къиматалги. Гӏурус мацӏалъего гӏадин, бащадго кьун руго татар мацӏ малъизе сагӏталги. Гьеб цӏалул планалда рекъон гӏуцӏун буго цӏали Татарстаналъул киналго школазда. Цӏалдохъабазул улбуз №3 цӏалул план тӏасабищаниги, аттестаталда къиматал лъезе руго. Гьелде дандечӏун руго цӏалдохъабазул улбулги.\nЗаконалъ кин малъулеб бугеб?\nТатарстаналдаги Башкортостаналдаги къабул гьарун руго республикаялда пачалихъияб мацӏалъул хӏакъалъулъ законал. Гьединаб закон Дагъистаналда жеги къабул гьабун гьечӏо. Татарстаналъул законалда хъван буго, татар ва гӏурус мацӏал ращадго малъизе кколин школаздаян. Башкириялъул законалда хъван гьечӏо, башкир мацӏ щивав чияс чарагьечӏого лъазабизе кколин абун; гьелда абулеб буго, щивасул ихтияр бугин рехсараб мацӏ лъазабизе. Гьединлъидал Татарстаналъул закон федералияб законалда рекъонкколаро, Башкортостаналъул – рекъонккола. Гьединлъидалги батила, БРялъул нухмалъиялъ, улкаялъул президентасул рагӏабаздаса хадуб, хехаб куцалда факультативалде сверизабуна рахьдал мацӏалъул дарсги. Татарстаналъе бокьун гьечӏо хиса-баси гьабизе. Гьезул хьул буго федералиял идарабазда жал ричӏчӏилин ва татар мацӏ цӏунизе бажарилин.\nНахъарокъобе ккараб\nрахьдал мацӏ\nИсана сентябралдаса нахъе цӏидасан ахӏи бахъана нилъер республикаялдаги. Редакциялде кӏалъан рачӏана цӏалдохъабазул умумул. Гьез бицана, жидехъа тӏалаб гьабулеб бугила рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏеян-гӏуцӏугеян гъолбасарал кагътал. Цояз разиго къабул гьабуна гьеб иш ва, рахьдал мацӏ хӏажат гьечӏин, хехал гъолбасалги гьарун, кагътал тӏадруссинаруна школазде. Цогидал (гьел ратила дирго гӏадин рахьдал мацӏалъул къисматалъ ракӏунтарал магӏарулал), суал гьедин лъеялъулъго инсанасул ихтияр хвезаби кколин абун, кагътазда гъоркь гъолбасине инкар гьабун чӏана.\nКинаб хӏал бугеб Дагъистаналъул, хасго магӏарул росабазул школазда? Гьеб суалалъе жаваб батизелъун, нижеца цӏех-рех гьабуна Буйнакск районалъул Тӏаса Гъараниб росдал гьоркьохъеб школалда. Рехсараб школалъул директор Наби Салахӏудиновас гьадин бицана цӏалдохъабазухъе кьурал кагътазул хӏакъалъулъ: «Цӏалдохъабазул улбузда гьоркьоб цӏех-рех гьабун букӏана, «Кинаб мацӏалъул дарсал цӏикӏкӏинаризе нужее бокьилеб: рахьдал мацӏалъулищ яги гӏурус мацӏалъулищ?» — абун. Гӏемерисел цӏалдохъабазул эбел-инсуца тӏасабищана гӏурус мацӏ», — ан.\nРахьдал мацӏалъул учительница Сиядат Сагитовалъул дарсиде хьвадула школалъул киналго цӏалдохъаби. «Авар мацӏалъул дарсазде киналго лъимал рачӏуна. Школалда дарсал кьолел руго кӏиабилеб цӏалул планалда рекъон. Ахирисеб ункъо-щуго соналъ рахьдал мацӏалъул дарсал дагьлъизарун руго. Гьанже рахьдал мацӏалъул ва рахьдал адабияталъул дарсал анкьида жанир цо-цо нухалъ гурони гьечӏо.\nГӏисинаб гӏелалда бичӏчӏулеб гьечӏо магӏарул мацӏ. Тӏоцебесеб классалъул лъималазда, цӏирачӏарал цӏалдохъабазда лъалеб гьечӏо магӏарул мацӏ. Эбел-инсуца хасаб тӏадчӏей гьабулеб буго гӏурус мацӏалда. ЕГЭ кьолеб мехалъ, гӏурус мацӏ лъикӏ лъазе кколинги абун, улбуз гьелде цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго. Магӏарул мацӏалда тотальнияб диктант хъвалеб мехалъ, гьеб лъималаздаса лъикӏ хъвана гьезул улбуз», — ан абуна Сагитовалъ.\nАхиралда гара-чӏвари гьабуна цӏалдохъабазул улбузулгунги. Магӏарул мацӏ хӏажат бугищан, школалда гьеб малъизе кколищан суалал кьуна 15 гӏаданалъе, кӏиго-лъабгоялъ гурони тӏасабищичӏо рахьдал мацӏ.\nДагъистаналда рахьдал мацӏал зулму-хӏал гьабун малъулел гьечӏо батӏиял миллатазул вакилзабазда (дагӏба базе бегьула гӏандалгун цезазул группаялда гьоркьоре унел магӏарулаз – гьеб батӏияб масъала буго). Гьединлъидал рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏизе бокьун бугищан цӏалдохъабазул улбузухъа кагътал ракӏари нижеда мекъаблъун бихьулеб буго. Кигӏан такрарлъулеблъун бихьаниги, рахьдал мацӏ буго нилъер тарихги, маданиятги, къокъго абуни, тӏолабго рухӏияб бечелъи гъорлъ бессараб нилъер хазина. Гьеб цӏунизе къуват гӏезе ккола, Татарстаналъулги Башкортостаналъулги нухмалъиялъулго гӏадин, нилъер республикаялъул бетӏерасулги, Лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги министерствоялъулги, гӏадатиял дагъистаниязулги. Жакъа лъималазухъа гӏурус мацӏалъул ЕГЭ кьун бажаруларинги абун, гьелъие рахьдал мацӏалъ квалквал гьабулеб бугин бихьизаби ккола нилъеца нилъецаго къабихӏ гьари.\nКавсарат Сулейманова,\nХӏалимат Мухӏамадова,\nДГИялъул студентка"}
{"slug": "572-bozhil-iyal-ul-paradaldasa-vatianiyab-rag-de", "url": "https://hakikat.info/?nationals=572-bozhil-iyal-ul-paradaldasa-vatianiyab-rag-de", "title": "Божилъиялъул парадалдаса – ватӏанияб рагъде", "date": "2017-11-13 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тӏоцебесеб парад\nИсана 76 сон тӏубана 1941 соналъул 7 ноябралда Москваялда Багӏараб майданалда СССРалъул яргъилал къуватазул парад тӏобитӏаралдаса. Гьеб букӏана тушман нилъер улкаялъул тахшагьаралде гӏагарлъулев вукӏараб заман. Чара гьечӏого хӏажат букӏана унеб бугеб рагъулъ бергьенлъи босизе.\nСоветиял гӏадамазул къей гьечӏолъиги Ватӏан цӏунизе гьезул бугеб гъираги бихьизабизе парад гӏуцӏиялъул букӏана кӏудияб рагъулаб операция гьабиялъул гӏадаб кӏвар ва гъваридаб магӏна. Гьеб букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тӏоцебесеб парад.\n1941 соналъул хаслихъе Москваялда аскӏоб загьирлъулеб букӏана ватӏаналъул къисмат кин ккезе бугебали. Гьеб заманалда Советияб Армия захӏматал шартӏазда багъулеб букӏана фашистазде данде. Цо-цо бакӏазда биял гӏодоре тӏолеб фронталдаги Москваялъул къадаздаги гьоркьоб бугеб манзил къокълъулеб букӏана 30 километралде щвезегӏан. Гьеб заманалда парад гӏуцӏизе лъиданиги ракӏалдегицин кколеб букӏинчӏо, амма И. Сталиница 28 октябралда лъазабуна парад тӏобитӏизе кколин.\nКъокъаб заманалда жаниб гьелде хӏадурлъи гьабуна цӏакъ балъгояб къагӏидаялда. 6 ноябрялда метроялъул «Маяковская» станциялда тӏобитӏараб данделъиялдаса хадуб Тӏадегӏанав Главнокомандующияс партиялъул нухмалъулездаги рагъул командираздаги лъазабуна метер кида парад байбихьизе бугебали. Рагъул аскаразде гьеб буюрухъ щвана къаси сагӏат 11-ялда. Парадалде ахӏулел захӏматчагӏазухъе гьеб хабар щвезабуна 7 ноябралъул радал сагӏат 5-ялдаса байбихьун.\nТушманасда балъголъи загьирлъиларедухъ, щибаб соналъ Кӏудияб Октябралъул Социалистияб революциялъул хӏурматалда сагӏат 10-ялда гьабулеб букӏараб парад тӏобитӏана радал сагӏат 8-ялда.\nПарадалъул заманалда Багӏараб майданалде самолетаз бомбаби рехиларедухъ, 5 ноябралдаса байбихьун нилъераз кьаби щвезабулеб букӏана фашистазул сверухъ ругел аэродромазде. Гьединлъидал гьеб байрамалъул къоялъ Москваялде щвечӏо цониги гитлерилазул самолет.\n7 ноябралда 7 сагӏатгун 50 минуталда Ленинил мавзолеялъул трибунаялде рахана Иосиф Сталинги Москваялда хутӏарал советияб хӏукуматалъул членалги. Кӏудияб Октябралъул социалистияб революциялъ 24 сон тӏубаялда бан гьабулеб парад байбихьана сагӏат 8-ялда.\nПарадалъе нухмалъи гьабулеб букӏана тахшагьаралъул гарнизоналъул нухмалъулев генерал-лейтенант Павел Артемьевас ва парад къабул гьабулеб букӏана Совет Союзалъул маршал Семен Буденныяс. Рагъулаб гӏуцӏиялъул гӏахьалчагӏазде хитӏабгун кӏалъазе вахъана оборонаялъул пачалихъияб комитеталъул (ГКО) председатель, СССРалъул яргъилал къуватазул Тӏадегӏанав нухмалъулев, Оборонаялъул нарком Иосиф Сталин. Гьес бицана Москваялда сверухъ унел ругел кьварарал рагъазулъ нилъер яргъилал къуватазул бергьенлъабазул ва, тушманасул «Тайфун» операцияги хвезабун, гьесул гьужум чӏезабун букӏиналъул хӏакъалъулъ. Парадалда солдаталгун, офицералгун цадахъ гӏахьаллъана Советияб Армиялъул бугеб къуватаб техника, артиллериялъул, танказул, рекӏаразул боял ва ветераназул гӏуцӏаби. Гьелъ халкъалъул рекӏелъ щула гьабулеб букӏана бергьенлъиялде бугеб божилъи. Гьединлъидал батила, аскаразул гьеб парадалдаги халкъалъ «божилъиялъулабилан» цӏарчӏвараб.\nГӏурусазда цадахъ Москваялда гӏагарлъухъ ккарал рагъазулъ гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул лебалал васазги. Гьел ккола: Агъул районалъул Тпиг росулъа Мухӏамад Гъандаев, Гъарабудагъкент районалъул Доргели росулъа Абусагӏид Гӏисаев, Догъузпара районалъул Усух-чай росулъа Хаирбек Заманов, Хасавюрталдаса маршал Михаил Воробьев ва Мамат Аджимуратов, Дербенталдаса Совет Союзалъул Бахӏарчи Владимир Громаковский, Казбек районалъул Гертма ва Инчха росабалъа Мухӏамад Гӏабдуллаев ва Ата Мирзабегов, Гумбет районалъул Аргъваниса Мухӏамад Сайпудинов, Болъихъ районалъул Гъагъалъа Гӏусман Аслуев ва гьел гурел гӏемерал цогидалги.\n1941 соналъул 7 ноябралда букӏараб гьеб рагъул парадалда, нижехъ ругел баяназда рекъон, гӏахьаллъи гьабуна Лак районалъул Ханар росулъа Хӏажи Бугъановасги Буйнакск шагьаралдаса танкист Гӏалибег Жамалудиновасги. Гьел гьенисанго рагъдеги ана. Гьелдаго цадахъ, абизе ккола, Хӏажи Бугъанов вахъана Совет Союзалъул Бахӏарчилъун, ва гьев гӏахьаллъана 1945 соналъул 24 июналда гьебго майданалда тӏобитӏараб Бергьенлъиялъул парадалдаги.\nКинабниги гьеб хӏурматияб гӏуцӏиялда гӏахьаллъи гьабуна 28 500-ялде гӏагарун чияс, 16 тачанкаялъ, 296 пулеметалъ, 18 минометалъ, 12 зениталъул пулеметалъ, 140 гӏарадаялъ ва 160 танкалъ.\nГучаб гьуригун гӏазу пулеб букӏиналъ парадалда гӏахьаллъи гьабичӏо авиациялъ.\nПарадалъул цӏилъиги политикияб кӏварги букӏана нилъер яргъилал къуватал гьенисанго рагъде унел рукӏиналъ.\nПарад халатбахъана гӏицӏго 25 минуталъ, амма гьелъ бихьизабуна нилъер гӏадамазул рекӏелъ къвакӏи букӏин ва тушманасда тӏад бергьенлъи босизе бугеб таваккалалъул щулалъиги. Гьенир гӏахьаллъана къватӏисел пачалихъазул гӏемерал журналисталги.\nХадусан Гитлерил армиялъул командиразул хъвай-хъвагӏаязулъ батулеб букӏана фашистазе кинаб кӏудияб квалквал гьабураб гьеб лъугьа-бахъиналъали.\n1941 соналъул 7 ноябралда гьединалго рагъулал парадал тӏоритӏана Куйбышевалдаги (гьанже Самара) Воронежалдаги.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "590-mesed-unti-rossiyalde-shchveyaldagi-khiink-i-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=590-mesed-unti-rossiyalde-shchveyaldagi-khiink-i-bugo", "title": "Месед унти Россиялде щвеялдаги хӏинкъи буго", "date": "2017-11-17 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Прививкабазул пайдаги заралги цӏадирабазда лъолеб мех\nРоспотребнадзоралъул бетӏер Анна Поповалъ лъазабуна, прививкаби гьаризе кколеб ригьалъул лъималазда гьоркьоб Россиялда прививкабаздаса инкар гьабуразул къадар щуго процент бугин. РФялъул президентасулгун букӏараб дандчӏваялда бицана гьелъул хӏакъалъулъ Роспотребнадзоралъул бетӏералъ.\nГьелъул рагӏабазда рекъон, Европаялъул улкабазда прививкабаздаса инкар гьабулел гӏадамазда гьоркьоб, месед ва риххалил унтуца унтаразул къадар цӏикӏкӏун буго, Россия абуни гьединал унтаби тӏиритӏиялдаса цӏунараб буго. Поповалъ рикӏкӏунеб буго Европаялъул улкабазда гьединаб ахӏвал-хӏал букӏин бараб бугин гьез прививкабаздаса инкар гьабиялда ва гьенире гочун рачӏунел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏиналда.\nПрезидентас цӏехана нилъер улкаялдаги прививкабаздаса инкар гьаби ссиялдайищ бугебан. Роспотребнадзоралъул бетӏералъ бицана Россиялдаги Интернеталдасан риччалел цо-цо видео-роликал сабаблъун прививкабаздаса инкар гьабулезул къадар дагь-дагьккун цӏикӏкӏунеб бугин. Амма прививкаби гьаризе кколезул щуго проценталъ гурого инкар гьабулеб гьечӏелъул халкъалъе кӏудияб хӏинкъи гьечӏин, амма гьеб щуябго процентин абуни рахунел унтабаздаса цӏунараблъун гьечӏин рикӏкӏунеб буго гьелъ.\nГьеб унтул эпидемия цӏикӏкӏиналъул хӏинкъи бугезда гьоркьоб рехсолеб буго нилъер улкаги. Россиялда месед унтаразул 170 чи гурони гьечӏониги, араб соналде дандеккун кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун ругин меседалъ унтаралин лъазабулеб буго инфекционистаз. Европаялъул улкабаздаса Россиялде рачӏараздасаги гьеб унти бахине рес бугин лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъ.\nГьединал хӏужабаз гӏадамазда ургъелчӏвазабулеб буго ва рахунел унтабаздаса кин цӏунилел абураб суалал рачӏунел руго. Нилъер республикаялда ругищ гьединал унтаби рахиналъул хӏужабияли цӏех-рех гьабуна нижеца. Ва гьел унтаби хехго рахунел гьитӏинал лъималазда гьоркьоб кинаб ахӏвал-хӏал бугебин цӏехана Махӏачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул специалистазда.\nЛъималазул щуабилеб поликлиникаялъул нухмалъулей Патӏимат Омочевалъ бицана, талихӏалъ, исана жидер поликлиникаялде кколел лъимал месед унтуца унтичӏин.\n«2016 соналда месед унти букӏана 14 лъимадул. Амма цӏикӏкӏунел руго паротит (свинка) унтиялъ унтарал, исана нижер поликлиникаялде хьвадулезда гьоркьоб 34 лъимер унтана паротиталъ. Гьел киналго ккола паротиталде данде прививка гьабизе инкар гьабурал. Буго жеги гьебго прививкаялдаса инкар гьабурал 30 лъимерги, гьездеги паротит бахинин абун хӏинкъун руго. Гьединго кӏигоял руго коклюшалъ унтаралги».\nПаротит унтул ва гьелъ сахлъиялъе кьолеб захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ нижеца цебеги бицун букӏана. Амма гӏемерисезда кӏочон тараб месед яги сус унтуца лъималазул сахлъиялъе гьабулеб заралалъул хӏакъалъулъ ва гьелдаса кин цӏунилелали цӏехон нижеца гара-чӏвари гьабуна Махӏачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Анжела Гӏумаровалъулгун.\n— Лъималазде гьел захӏматал инфекциял рахиналъе гӏиллалъун щиб нужеца рикӏкӏунеб?\n— Унтулел руго гьел унтабазде данде прививкаби гьаричӏел лъимал. Прививкаби гьарураб лъимералде къанагӏат гурони гьел унтаби рахунаро. Эбел-инсуца жидерго лъималазул сахлъи хвезабулеб буго, Интернеталдаса рагӏарал цо-цо харбаздаги божун. Цогидал лъималаздеги бахунеб буго гьездаса унти. Гъоркьиса месед унтиялъ, паротиталъ, краснухаялъ унтаразул къадар цӏикӏкӏиндал, исана школалде риччалел рукӏинчӏо гьел инфекциязде данде прививкаби гьарурал лъимал гурони.\n— Дурго лъималазе гьарулищ дуца прививкаби?\n— Дирго лъималазе гьитӏинго гьаризе кколелщинал прививкаби гьаруна дица.\n— Гьел прививкабаз лъимал унтизарулищ, захӏмалъулищ гьезие гьабураб вакцина?\n— Гьел прививкабаздаса хадур унтараб цогӏаги лъимер бачӏинчӏо дихъе. Амма лъимадуе месед унтуда данде прививка гьабун хадуб цо-цо мехалда кӏиго-лъабго къоялъ 38 градусалде цӏа-кан бахинеги бегьула, укол гьабураб бакӏ гьорозеги рес буго. Прививка гьабун щуго къоялдаса тӏаде гӏисинал тӏанкӏалги разе бегьула, ухӏуди баккизе бегьула, амма гьел гӏаламатал раккаралго гӏадин хехго тӏагӏуна. Ва гьел гӏисинал гӏаламатал цӏакъ бигьаял рукӏуна, меседалъ унтун хадуб сахлъиялъе кколеб заралалде дандеккун.\n— Лъимадул кинаб гӏузру бугони, прививкаби гьаризе бегьуларел?\n— Лъимер квачалъ унтун бугони, астма яги цогидал унтаби хӏалуцун ругони, прививкаби гьаруларо лъимер сахлъизегӏан. Аллергия кьеларедухъ, прививка гьабилалде цебе яги хадуб супрастин гьабула лъимадуе. Прививка гьабилалде цебе цин лъимер хӏадур гьабула гьелде, киналго анализал кьола, сахаб лъимадуе гурони прививкаги гьабуларо. Прививка гьабизе бегьуларо гӏанкӏудал ханазде, антибиотиказде аллергия бугел ва цогидаб вакцинаялде аллергия кьурал лъималазе.\n— Месед унти чӏахӏиязде бахине рес бугищ?\n— Месед унти ккола захӏматаб инфекциялъулаб вирусалъулаб унти. Гьеб бахине бегьула унтарав чиясда аскӏор ругони, гьаваялдасан. Месед унти бахаразул мегӏерччин ва щекъер-мукъулукъ хъарсулеб гӏадаб, гьвеялъул хӏапдеялда релълъараб квешаб хъегӏи букӏуна, 38-39 градусалде цӏа-кан бахуна. Берал унтун конъюктивит лъугьуна. Лъабабилеб-ункъабилеб къоялъ дагь-дагьаккун черх цӏезегӏан тӏадерахъин бала. Тӏадерахъин лъабго-ункъо къоялдасан тӏагӏуна.\nУнтарав вукӏине ккола тохтурасул бербалагьиялда гъоркь. Хӏажалъи ккани, инфекциялъулаб больницаялда вегизеги гьавула.\nГьеб инфекциялъ гӏемерисеб мехалда лъимал унтула. Амма ахирал соназда чӏахӏияздеги бахунеб буго гьеб. Чӏахӏиязде гьеб унти бахиналъе гӏиллалъун рикӏкӏине бегьула, араб гӏасруялъул 80-абилел соназда гӏемерисел эбел-инсуца жидерго лъималазе прививка гьабизе биччачӏолъи.\n— Гьитӏинаб мехалда прививка гьабун букӏаразде бахинчӏого букӏине рес бугищ унти? Вакцинаялъ кумек гьабиялъе цӏараб заман букӏунищ?\n— Прививка гьабун хадуб иммунитет щулаго чӏола 15-20 соналъ. Поликлиникаялда лъималазе месед унтуде данде прививкаби гьарула лъагӏел ва анкьго сон байдал. Амма месед унти бугеб лъимадаса унти бахинаредухъ чӏахӏиязеги прививка гьабизе ккола унтарасда аскӏове щваралдаса лъабго къо иналде.\n— Цо нухалда унтараб лъимер заманалдасан унтизе рес бугищ?\n— Цо нухалъ унтараб лъимадул гӏумруялъго иммунитет лъугьуна месед унтуде данде.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "591-sonal-nukhal-anishchal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=591-sonal-nukhal-anishchal", "title": "Сонал. Нухал. Анищал", "date": "2017-11-17 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Халкъияв артист ракӏалдещвезавиялъул сордо\nАбадиялъ Баширлъун\nХалкъалъул рекӏелъ вугев,\nГелбахъазул ракӏазулъ\nДаим Салихӏ вуго мун\n(зонода гьабураб хъвай-хъвагӏай)\nСалихӏ Имангъолов. Гьев магӏарулазе даималъего хутӏана Камалил Баширил роль хӏалев берцинав артистлъун. Советияб заманалда Магӏарул театралда магӏарулазе бищунго вокьулев артистазул цояв вукӏана гьев. Махӏмуд Гӏабдулхаликъовасдаги Хӏосен Казиевасдаги цадахъ рехсолааан гьесул цӏар. Школалда цӏалулел дир гӏелалъул лъималазгицин гьикъулаан, Магӏарул театр районалде бачӏун бугин рагӏидал, Камалил Баширги гьечӏевищилан. Дов даим халкъгун хутӏана.\nСалихӏ Имангъолов гьавуна 1947 соналда Гъизилюрт районалъул Тӏасияб Чирюрт росулъ. 1964 соналда анцӏила анкьго сон барав гӏолилав цӏализе лъугьана Ш. Руставелил цӏаралда бугеб Тбилисиялъул пачалихъияб театралияб институталде. Вузалъул преподавателаз гьесде кьолаан кӏудияб кӏвар. Гьезда бихьана Салихӏил пагьму-гьунар. Студентлъун вугеб заманалдаго гьес ролал хӏана дунялалъулго адабияталъул классиказул асаразул кьучӏазда лъурал спектаклязда. Масала, «Жорж Данден» (Мольер), оперетта «Сильва» (И. Кальман), «Аршин мал алан» (У. Хӏажибегов) ва цогидалги. Бицана артистас магӏарулазе Камалил Баширилги, Тӏагьирилги («Тӏагьир ва Зугьра»), Хочбарилги («Хочбарги ханзабиги» Р. Хӏамзатов), къваридал къисаби. Гьев сценаялде вачӏиндал, гӏажаибаб чӏаголъи лъугьунаан залалда. Гьев вукӏана халкъалъ ракӏ-ракӏалъ къабул гьавурав артист. Салихӏ Имангъоловас ролал хӏалел спектаклязде гӏадамал унаан хъизамалгун цадахъ. Гьевгун цадахъ рохулаан, гӏодулаан. Актерлъиялдаго цадахъ гьесул кӏудияб махщел букӏана режиссерлъиялъеги.\n1977 соналда гьев витӏула Москваялде Луначарскиясул цӏаралда бугеб тӏадегӏанаб пачалихъияб институталда цӏализе. 1980 соналда режиссеразул факультетги лъугӏизабун, гьев тӏадвуссана гӏагараб театралде. Гьес лъурал спектаклял ратӏарахъизе лъалаан магӏарулаздаги.\nЗаманалдасан Салихӏ рикӏкӏана миллиял театразул бищун лъикӏав режиссерлъун. Гьел спектаклял хутӏана Магӏарул театралъул хазиналъун, ва гьанжеги гӏемер тӏадруссана театралъул артистал гьес лъурал спектаклязде. Салихӏ Имангъоловас режиссерлъи гьабуна Магӏарул театралда гуребги, гьес чанго спектакль лъуна Лъарагӏ ва Тумазул театраздаги. Театралияб искусство цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏаялъухъ Салихӏ Имангъолов мустахӏикълъана ДАССРалъул, РСФСРалъул, комсомолалъул ЦКялъул Хӏурматалъул грамотабазе.\n1975 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар. 2002 соналда гьев мустахӏикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цӏаралъе.\nЖакъа къоялдаги чӏаго вуго Салихӏ Имангъолов магӏарулазе. Гьев гьезул рекӏелъ хутӏана Камалил Баширлъун.\nМахӏачхъала шагьар. Ралъдал рагӏал. Гьенисан бихьулеб тӏабигӏаталъ куркьбал гъурав гӏолилав. Ахӏулеб буго кечӏ магӏаруллъиялъул хӏакъалъулъ…\nГӏолохъанав Салихӏил пагьму-гьунаралъул бицунеб ва гьес кечӏ ахӏулеб видеоялдасан байбихьана 9 ноябралда Махӏачхъалаялда, Поэзиялъул театралда тӏобитӏараб гьев ракӏалдещвезавиялъул сордо. Исана гьев гьавуралдаса тӏубана 70 сон. Дандеруссиналде рачӏун рукӏана Гелбахъалдаса артистасул гӏагарлъи, Магӏарул, Лъарагӏ ва Тумазул театразул артистал, хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал ва Салихӏ даимго ракӏазулъ хутӏарал магӏарулал.\nТадбир нухда бачана Магӏарул театралъул режиссер Гӏалисултан Батировас. Магӏуги, релъиги, пашманлъиги, рохелги жубараб гьеб сордоялъ цадахъ хӏалтӏаразги, гӏагарлъиялъги, гьудул-гьамагъзабазги артистасул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьенире рачӏаразе цӏакъго асар гьабилеб хӏалалда. Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏосен Казиевас рекӏелъ къварилъигун бицана Салихӏил пагьму-гьунаралъул, роль хӏазе ва гӏадамазул ракӏазулъе лъугьине гьесул букӏараб махщелалъул. Гьединалго кӏалъаял гьаруна Магӏарул, Лъарагӏ, Тумазул театразул актераз, ва цогидазги. Салихӏил театралияб гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана гьесул гӏагарав чи Гӏалисултан Батировас, театралъул директорлъун доб заманалда хӏалтӏулев вукӏарав Хӏабиб Хӏажиевас. Кӏалъаял…, кӏалъаял. Ракӏалдещвеял…, ракӏалдещвеял. Гьел гӏемер рукӏана гьеб сордоялъ.\nМиллиял театразул артистаз рихьизаруна Салихӏ Имангъоловас лъурал спектакляздаса бутӏаби. Лъарагӏ театралъул режиссерас абуна Салихӏица театралда лъурал спектаклял къогоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ рихьизарулел ругилан. Гьединго бицана Тумазул театралъул режиссерасги.\nЛъугӏана Салихӏ Имангъолов цоги нухалда ракӏалдещвезавиялъул сордо. Магӏарулазул ракӏазулъ даим чӏаго вукӏина Баширлъун гьезие хутӏарав халкъияв артист."}
{"slug": "592-tarikhal-ul-l-alkida-khadur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=592-tarikhal-ul-l-alkida-khadur", "title": "Тарихалъул лъалкӏда хадур", "date": "2017-11-17 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бетӏер букъизе ккола жаназаялда аскӏоб\nЛъикӏаб иш гьабун бахъунеб мехалда, жидеего цӏар гьабизелъун,\nгьоркьоре лъугьунелги камуларо\nАзербайжаналда букъараб Хӏажимурадил жаназаялда аскӏоб гьесул гвангвара букъизе кколин абун, Санкт-Петербургалда Кунсткамераялда бугеб гьеб нахъе кьеян тӏалаб гьабулеб буго дагъистанияз. Гьеб иш гӏумруялде бахъинабулеб къокъаялъул вакилзабаз журналистазе бицана жидецаго гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nЖурналисталгун дандчӏвана рехсараб масъала тӏубазабизе гӏуцӏараб жамгӏияб комитеталъул членал: Хӏажимурад наибасул наслуялъул чи Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовги, бизнесмен ва меценат, проекталъул координатор Жамалудин Гӏумаровги, Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловги, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул ва Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгрессалъул президиумалъул член Денга Халидовги.\nЖамалудин Гӏумаровас бицана, Хӏажимурадил бетӏер нахъе тӏалаб гьабизе байбихьанин 2010 соналда. Гьеб заманалда Пироговасул имениялда Хӏажимурадил хӏурматалда лъуна гамачӏ-памятник. Рехсараб имениялда вукӏаго, ракӏалде ккун буго машгьурав хъвадарухъан Лев Толстоясда Шамилил наибасул хӏакъалъулъ асар хъвазе.\n(Хадусеб 16-абилеб гьумералда)\nРакӏразияб хӏасил\n«Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам Шамилил цӏаралда бугеб культуриябгун тарихияб фондалъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Элдаровас абун буго, Толстоязул тухумалде хитӏаб гьабизе кколин, Хӏажимурадил бетӏер тӏадбуссинабизе кумек гьабеян гьарун. Хӏажимурадие памятник рагьулеб тадбиралде щвараб мехалда, нижеда лъана, гьеб масъала тӏубазабизе Толстояз некӏого байбихьун бугеблъи. Гьелдаса нахъе нижеца къотӏи гьабуна гьеб иш Владимир ва Петр Толстоязда тӏадкъазеги бажарараб кумек гьезие гьабизеги», — ян бицана Жамалудиница.\nВладимир Толстой гьабсагӏаталда вуго культураялъул суалазул рахъалъ РФялъул президентасул гӏакълучи. Гьесул кумекалдалъун Хӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабиялъул масъалаялъул хӏакъалъулъ лъазабуна Владимир Путинида. Улкаялъул бетӏерасул бихьизабиялда рекъон, 2015 соналда РФялъул Культураялъул министерствоялда цебе гӏуцӏана ведомствабазда гьоркьосеб комиссия. Гьелда тӏадкъан буго рехсараб масъала тӏубаялъул ишги.\nХӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабиялда бан гьабулеб кинабго хӏалтӏи жамгӏияб комитеталъ дандбалеб буго гьесул наслуялъул чи Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовасдаги. Гьев наибасул битӏахъеяв ирсилав кколеблъи чӏезабуна Хунзахъ районалъул судалъ 2012 соналда гьабураб хӏукмуялда рекъон. Гьебго соналъ гьеб хӏукму тасдикъ гьабун буго ДРялъул Верховный судалъги. Наибасул ирсилав хӏисабалда Мухӏамадгӏарипицаги божилъи гьабулеб буго Толстоязул хъизамалда. Гьес 2012 соналда кьун буго «Ясная поляна» абураб музеялъухъеги Толстоязул хъизамалъухъеги божилъиялъулаб кагъат.\n«Тӏоцебесеб нухалда жамгӏияб комитеталъул данделъи букӏана 2010 соналда. Нижер букӏана цо мурад – Хӏажимурадил гвангвара жаназаялда аскӏоб букъи. Гьелдаса цониги чияс жиндиего пайда-хайир яги цӏар-рецц гьабизе ракӏалдаги букӏинчӏо. Ниж жакъаги цӏаруе гӏоло гуро ракӏарун ругел. Нижее бокьун буго, 2010 соналдаса нахъе гьабураб хӏалтӏулги ккараб хӏасилалъулги хӏакъалъулъ бицине. Нижее кумекалъе рахъунел чагӏазе кӏудияб баркала буго. Кумек гьабизе ракӏалда ккарав Рамзан Къадировасеги кӏудияб баркала. Амма абизе бокьун буго жакъа цоги чи гьеб суалалда гьоркьове лъугьине ккараб хӏал гьечӏо. Хутӏун руго гӏицӏго цо-цо техникиял суалал», — ан бицана Ж. Гӏумаровас.\nКиб букъилеб гвангвара?\nЦояз абулеб буго, Хӏажимурадил гвангвараги жаназаги цадахъ Дагъистаналда рукъизе кколин. Цогидазул пикруялда рекъон, гвангвара букъизе рекъараб буго жаназаялда аскӏоб.\nГьеб суал жамгӏияб комитеталъ дандбана ДРялъул Динияб идараялдаги наибасул гӏагарлъиялдаги. Идараялъ абулеб буго, букъараб бакӏалдаса жаназа нахъе босизе бегьуларин ва гвангвараги гьелда аскӏоб лъезе кколин, ай Азербайжаналъул ракьалда тезе кколин. Гьеб пикруялъул рахъкколеб буго Цӏоралъул магӏарулазги. «Дагъистаналда рукъун руго имамзабиги, шайихзабиги, устарзабиги. Руго гьенир Кавказалъул рагъул тарихиял бакӏалги. Дагъистаниязе зияраталъе хьвадизе бакӏал камун гьечӏо. Цӏоралдайин абуни, Хӏажимурадил хоб гурони гьечӏо», — ян буго Цӏоралъул магӏарулазул пикру.\nМухӏамадгӏарип Хӏажимурадовас бицана, жив чанцӏулго щванин наибасул хабаде. Гьеб берцинго къачӏанги цӏунунги батанин жинда. «Нижер умумузул анищ букӏана, гвангвараги жаназаги цо хабалъ парахалъизаби. Амма гьезухъа бажаричӏо гьеб. Гьанже ирсалъе щвараб гьеб анищги хьихьун, дунгоги херлъана, хьул буго хвелалде дихъаниги гьеб тӏубан бажариялде.\nХӏажимурад-наибасул гвангвара тӏадбуссинабизе хӏалбихьана жеги 1992 соналъ. Амма дир гьелъие къуват гӏолеб букӏинчӏо. Гӏагарлъиялъги абулеб букӏана, рехун тейин гьеб иш, духъаги гьеб тӏубазабун бажаруларин. Амма Жамалудинги, Мухӏамадрасулги, Денгаги гьоркьоре лъугьаралдаса, гьеб иш чӏаголъана. Захӏматаб масъала буго гьеб. Жибго теян дицагоги абулеб букӏана Жамалудинида. Амма гьес течӏо. Гьанже, гӏурусаз абухъего, тоннелалъусан канлъи кунчӏараб мехалда, раккун рачӏунел руго цо-цо гӏадамал, жидеца кумек гьабизе бугин лъазабулел. Лъаларо, ракӏ-ракӏалъ кумекалъе рахъунел гӏадамалищ гьел, ялъуни жидеего цӏар-рецц балагьулелищали».\nМузеялъул экспонат гуро\nДенга Халидовас бицана Кунсткамераялда рукӏанин Калмыкиялъул бетӏер Кирсан Илюмжиновасулги Казахстаналъул президент Нурсултан Назарбаевасулги умумузул гвангвараби. Гьезухъа бажарун буго гьел нахъе росизе. «Хӏажимурадил гвангвараялъул масъалаги рагӏалде бахъун буго. Гьеб нахъе бахъун буго пачалихъияб музеялъул аслияб фондалъул сияхӏалдасаги хӏисаб гьабиялъул документазда гьоркьосаги. Россиялъул Культураялъул министерствоялъ разилъи кьун буго гьеб жаназаялда цадахъ букъизе. Амма гьеб, цӏунизеян абун, кьун буго Россиялъул Гӏелмабазул академиялъухъе. Гьебго заманалда Россиялъул законалда кибниги хъван гьечӏо, музеялъул экспонат хӏисабалда инсанасул жаназа хӏалтӏизабизе бегьулин абун. Гьабсагӏаталда Хӏажимурадил бетӏер рикӏкӏуна федералияб мулклъун. Гьебги багьанаде батун, кьоларогоги буго гьеб Кунсткамераялдаса», — ян абуна гьес.\nДанделъиялда гӏахьаллъана «Ясная поляна» музеялъул директор Екатерина Толстаяги. Гьелъулгун бухьен гьабун букӏана телефоналдасан. «2006 соналдаса нахъе музеялъ байбихьана, Хӏажимурадил бетӏер букъизе кколин абураб дагъистаниязул пикруялъул рахъги ккун, хӏалтӏи гьабизе. Жаназа ракьулъ букъизе ккола – гьеб буго киналго диназги жамгӏиятазги къабул гьабулеб пикру. Захӏматаб масъала бугониги, гьеб тӏубаялде хьул буго нижер.\nХӏажимурад вуго Толстояс хъвараб къисаялъул аслияв багьадур. Гьеб асар машгьурлъун буго дунялалдаго. Ниж, Толстоясул хъизамги музеялъул хӏалтӏухъабиги, цӏакъ рохана, хъвадарухъанасеги гьесул асаралъул багьадурасеги Дагъистаналда памятник бан бихьидал. Жакъаги кӏочон толаро Дагъистаналда нижее гьабураб гьоболлъи», — ян бицана гьелъ.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "593-bana-gudull-iyal-ul-ko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=593-bana-gudull-iyal-ul-ko", "title": "Бана гьудуллъиялъул кьо", "date": "2017-11-17 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Чӏагояб гьаракьги балагьарал пана гьарулел бакъналги\n12 ноябралда «ResPublik» медиа-централда тӏобитӏана гуржиязул кочӏохъан Дато Кенчиашивилил ва «Мегобреби» къокъаялъул концерт.\nКонцерталъул гӏуцӏарухъанлъунги хӏаракатчилъунги вукӏана Дагъистаналъул машгьурав кочӏохъан Ахӏмад Закариев.\nДатолги гьеб къокъаялъулги концерталъухъ гӏашикълъараз цӏун букӏана гьеб сордоялъ зал.\nКонцерт байбихьана Дагъистаналъул халкъалдехун бугеб рокьиги хӏурматги загьир гьабураб кочӏодалъун. «Дагъистан лъугьун буго дие кӏиабилеб ватӏанлъун, гьаниб гӏумру гьабулеб буго дир лъикӏал гьудулзабаз. Дида лъала дагъистаниязе дир махщел бокьулеблъи ва гьеб рокьи гьезул гьурмада бихьула. Баркала нужее!»- ян абуна Датоца.\nКонцерталъул заманалда балагьаразул рес букӏана кочӏохъанасе суалал кьезеги гьевгун цадахъ суратал рахъизеги.\nМоцӏалъ цебе ДРялъул культураялъул министралъул ишал тӏуразарулей Зарема Бутаевалъ тӏобитӏана дандчӏвай Т. Мурадовалъул цӏаралда бугеб пачалихъияб филармониялъул эстрадаялъул кочӏохъабигун. Гара-чӏвариялъулъ гӏахьаллъана Дагъистаналъул мустахӏикъал ва халкъиял артисталги. Бицунеб букӏана музыкалиял программабазул даража борхизабизе ккеялъул, репертуар цӏигьабиялъул, цӏиял, гьунар бугел цолъаби цӏуниялъул ва церетӏезариялъул хӏакъалъулъ.\nГара-чӏвариялъул байбихьуда Зарема Бутаевалъ баян гьаруна аслиял масъалаби: «Ахирал соназда лъугӏулел руго Дагъистаналъул фольклоралъул хаслъаби, кечӏ-бакъаналдехун гьечӏо цебе гӏадаб бербалагьи. Ахӏулел руго цого кучӏдул, рагӏаби руго лъилали лъаларел ва магӏна-гӏин гьечӏел».\nГуржияз цӏунулеб ва цебетӏезабулеб буго жидерго миллияб кочӏол хаслъи. Гьединлъидал гьеб концертги букӏана, гьанжего гьанже кечӏ-бакъаналде машгъуллъарал Дагъистаналъул гӏолохъанал артистазе мисаллъун.\nГьеб сордоялъ лъазабуна Цӏияб соналдасан Махӏачхъалаялда байбихьизе бугин, Дато Кенчиашвили авторлъун кколеб, «Кавказалъул гьаракь» абураб музыкалияб проект. Гьелъул гӏуцӏарухъабилъун ккола «Кавказалъул рукъ» маданияб центр. Проекталда гӏахьаллъизе бегьула СКФОялъул киналго регионаздаса кечӏ-бакъан бокьулел, 16-35 сонал рарал гьунар бугел гӏолилал. Гьеб ккола Дагъистаналъулги Гуржиялъулги цадахъаб проект, гьелъ квербакъила мадугьалзабазул гьоркьорлъаби дагьалги щулалъиялъе.\nМадина Хӏажимаева"}
{"slug": "606-gotsio-darujishch-yagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=606-gotsio-darujishch-yagi", "title": "Гьоцӏо даруйищ яги…", "date": "2017-11-27 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Бищун гӏемер гьересигьоцӏо гьабула Китаялда\nТелевидениялъул НТВ каналалдасан щибаб хамиз къоялъ бихьизабула Сергей Малоземовасул «Чӏагояб ва хвараб квен» абураб, кванил хӏакъалъулъ бицунеб передача. Гьелъул кумекалдалъун рес буго нилъеца кваналеб квен щиб пайдаялъул бугебали ва кинаб зарал гьелъул букӏине бегьулебали лъазе. Лабораториял цӏех-рехалги гьарун, специалистазда ва тохтурзабазда дандги бан гурони, гьес нигӏматазул хӏакъалъулъ гьениб бицунаро.\nДун гӏажаиблъизавуна гьацӏул хӏакъалъулъ бицунаго батӏи-батӏиял специалистаз гьелъул хӏакъалъулъ рехсарал хӏужабаз ва баяназ. Масала, гьитӏинаб къоялдаса нахъе рагӏула нилъеда гьоцӏо дару кколин, гьелъ гӏемерал унтаби сахгьарулин бицунеб. Цо-цояз жакъаги абула гьацӏуца сахгьарулин къватӏул унтиялъ кӏвекӏулевги, лага бекаравги, ургьимес жагъалъаравги, берал чвахулевгиян. Бицен буго гӏолохъанго хварав Александр Македонскиясул жаназа гьацӏулъги лъун босанин ватӏаналдейинги.\n1751 соналда къватӏибе биччараб гӏурусазул «Сельский лечебникалда» гьацӏул хӏалкӏолъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб буго 50 бакӏалда. Гьениб хъвалеб буго, гьоцӏо бугила кутакаб дару. Интернеталдаги ратула гьацӏуца сахгьариялъе цӏакъ гӏемерал малъа-хъваял, малъула гьеб хӏалтӏизабизе кколеб къагӏида. Масала, щибаб къоялъ хӏегун цадахъ анцӏго грамм гьацӏул чӏамани, рак унти сахлъулин, лъимер гьабуларезе гьеб гьабулин…\nКиб бугеб бацӏцӏадаб гьоцӏо?\nНаязул рукӏуна гӏемерал унтаби, гьел сахгьарулаго хӏалтӏизарурал дарабазул хутӏелал гьацӏулъе ккечӏого хутӏуларо. Башкириялдаса найихъан Гӏамир Ишемгуловас абуна: «Россиялъул базаралда бичулеб гьацӏул 40 проценталдасаги цӏикӏкӏараб къадар гьересияб ккола. Гьересигьоцӏо гьабиялъул рахъалъ дунялалда тӏоцебесеб бакӏ Китаялъухъ буго. Гьоцӏойинги абун, гьез бичула гьацӏул кьерги тӏагӏамги бугеб чакаралъул сироп. Китаялъул гьацӏул цониги тайпа гьечӏо специалистаз гьоцӏойилан рикӏкӏунеб ва сахлъиялъе кинабгӏаги пайда бугеб».\nЖакъа найихъан я законалдаса, я хӏакъалдаса хӏинкъулев гьечӏо, гьединлъидалин наялги чакарги кьун хьихьулел ругел. Гьединаб гьацӏул кинабгӏаги пайда букӏунаро.\nИрландиялдаса машгьурав найихъан Филип Маккейица абулеб буго, дунялалдаго тӏибитӏун бугила гьересигьоцӏо гьабиялъул бизнес. Гьеб мурадалда цо-цо улкабазда хӏалтӏизабулила муцӏидул чакар, гьелъул гьацӏул гӏадаб тӏагӏамги махӏги гьабулила, гьацӏуда релълъинабизелъун гьелъулъе тӏогьол хӏурги жубалила.\nЛабораториялъ бицуна\nГьоцӏо бацӏцӏадабищ яги гьересиябищ бугебали балагьизелъун хӏалтӏизабула химикияб къалам, хинаб рахь ва пайда босула цогидалги къагӏидабаздаса. Лабораториялда гурони, лъиданиги кӏоларо хӏакъикъат лъазабизеги. Масала, химикияб къаламалъул кумекалдалъул тӏатинабула гьацӏулъ бугеб крахмал, амма гьелде гъорлъе жубараб чакар, сироп, патока, ароматизаторал гӏадал нигӏматал тӏатинаризе кӏоларо. Гьединлъидал, лъикӏ лъалев ва иман бугев найихъанасухъа гурони гьоцӏо босизе бегьуларо. Чӏахӏиял компаниязул лабораториязда гурони рес букӏунаро рагӏа-ракьанде щун гьацӏул химикиял цӏех-рехал тӏоритӏизеги.\nГьоцӏо ва рак унти\nУнго-унгояб гьацӏулъ цӏакъ дагь гурони букӏунаро рак унти ккезабиялда хӏинкъи букӏунеб оксиметил фурфурал абулеб жо. Амма, гӏемер заманалъ нахъе цӏунараб гьацӏулъ гьелъул къадар 30 нухалъ цӏикӏкӏуна. 40 градусалдаса тӏаде гьоцӏо бухӏизабизеги бегьуларо, 60 градусалдаса цӏикӏкӏун багӏаризабуни, гьелда гьоркьоб бугеб оксиметил фурфуралалъул къадар дагьабго цӏикӏкӏуна, рак унти ккеялъе гьелъул щибго хӏинкъи букӏунаро. Амма гьацӏулъ рукӏунел витаминал хола.\nГьоцӏо даруйищха?\nАбула хъегӏулел ругони яги ургьимес жаниса цӏун гӏадин лъугьун бугони, гьоцӏо хӏалтӏизабизе кколин. Битӏараб буго, гьелъ кумек гьабула, амма гьединабго хӏасил кьола гьалараб рахь гьекъани яги магӏазукъалахъе ва гьуърузда жанибе гьелъул хинаб хӏухьел цӏани.\nНаязул нигӏматазул кумекалдалъун сахгьариялда апитерапия абула (апис — на, терапия — сахгьаби). Гьацӏуца унти бигьа гьабула, тохтурас битӏун чӏезабураб унти сахгьабиялъул хӏасил гьелъ лъикӏлъизабула. Гьацӏул массажалъ черхалъе чӏаголъи, тулаклъи кьола, гьелъул ваннабаз нерваби гӏодориччазарула. Найил хечалъ инсанасул чорхолъе ккезабураб загьруялъ, унти сасинабула ва гьор буссинабула. Башкириялъул апилечебницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Азат Кунаховас абулеб буго, сахлъиялъе лъикӏаб хӏасил кьеялъе цо сеансалъе къваригӏунила 50-70 найил загьру. Сахгьариялъул гьеб къагӏида чара гьечӏого тӏобитӏизе кколила тохтурасул балагьиялда гъоркь, щайгурелъул цо-цо чагӏи найил загьруялъ цӏикӏкӏараб аллергияги кьун, хвеялда хӏинкъи бугеб хӏалалде ккезарулила.\nГьацӏул нигӏматазулъ рукӏуна, инсанасул сахлъиялъе цӏакъ пайдаял Е, К ва Д гӏадал витаминал, каротин, фолиевая кислота, микроэлементал. Гьацӏулъ букӏуна лъикӏ биунеб ва хехго чорхолъ босулеб пихъил чакаралъул 80 процент. Гьединлъидал, цӏайи бахунел ва чакаралъул унти бугел чагӏаз гьеб гӏемер хӏалтӏизабизе бегьуларо. Къойида жаниб анкьго чайгъудалдаса цӏикӏкӏараб къадаралда гьоцӏо хӏалтӏизабизе лъикӏаб гьечӏо. Цӏикӏкӏинабуни, хӏинкъи букӏуна чакаралъул унти ккеялда, черхалъул цӏайи бахиналда, рекӏее ва гӏадалнахуе зарал ккеялда, иммунитет загӏиплъиялда. Палхӏасил, гьоцӏо гӏемер чӏикӏизе бегьуларо.\nКъанагӏатал тайпаби\nДунялалда бищунго багьаяблъун рикӏкӏуна (цо килоялъухъ ичӏазарго гъуруш) Новозеландиялда бижулеб манука абулеб чаялъул гъотӏол тӏогьол гьоцӏо. Антибиотиказдаги хвезаризе кӏоларел заралиял микробал гьелъ чӏвалин абулеб харбида тохтурзаби божуларо. Гьез гьоцӏо рагӏа-ракьанде щвараб дарулъунги рикӏкӏунаро. Гьез абула гьоцӏо дару кколарин, гьеб бугин пайдаяб квен.\nХӏасил\n1. Гьацӏуца сахгьарулин абулаан я дараби, я антибиотикал рукӏинчӏеб некӏсияб заманалда.\n2. Тӏадчӏун гьоцӏо хӏалтӏизабуни, инсанасул черх щулалъула ва хӏалтӏизарулел дарабазул хӏасил лъикӏлъула.\n3. Бухӏизабураб гьацӏул сахлъиялъе пайда букӏунарин абулеб жо мекъи буго, 40-60 градусалъ багӏаризабуниги, гьацӏул даража холаро.\n4. Лъикӏ лъалел, иман-яхӏ бугел найихъабахъа гурони гьоцӏо босизе бегьуларо.\n5. Диетологаз абулеб буго, къойида жаниб инсанасе кӏиго-лъабго гъуд гьацӏул гӏолин, гӏемер кванани, гьелъул зарал букӏунин.\n6. Найихъабаз бицунебгӏан кӏудияб пайда гьелъул букӏунаро, гьелда гъорлъ ругелго гӏадинал витаминал цӏияб пихъилъги рукӏуна.\nНури Нуриев"}
{"slug": "607-insul-vasigat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=607-insul-vasigat", "title": "Инсул васигат", "date": "2017-11-27 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Махӏмуд-Апандил «Тӏаса лъугьа, дир вас» абураб тӏехьалдаса\nВукӏанила цо бечедав чиги, гьесул вукӏанила цӏакъ лъугьинчӏев васги. Щибниги иш-пишаги гьечӏого, гьудулзабигун цадахъ тира-сверулев, квана-гьекъолев вукӏунаанила гьев. Цо къоялъ инсуца гьесда абунила:\n— Гӏенеккея, дир вас, мун гьанже лъимер гуро, гӏолохъанчи гӏун вуго. Заман щвана, гьеб ахӏмакъаб хьвада-чӏвадиги тун, хъизанги гьабун, гӏадамазул гӏадаб гӏумру-яшавалда вукӏине.\n— Гьелъие жеги цудунго буго, дада, — илан жаваб кьунила васас.\n— Кинабго гьабизе ккола, дир вас, жиндир заманалда, цо къоялъ гьадал гьудулзабаз мун, квералги рацӏцӏун, гӏодобе рехараб чӏорто гӏадин тезе бегьула.\n— Мун мекъи вуго, дада, гьез дун киданиги рехун толаро.\n— Мун унго-унголъунги божунищ вугев гьез дур адаб гьабулин абураб жоялда?\n— Цӏакъха божулев.\n— Дида ккола гьеб адаб-хӏурмат дур гӏарцуца ккун хутӏун бугин.\nДур шагьи-пара лъугӏарабго, гьел духъ балагьизецин гьечӏо.\n— Дуда лъалел гьечӏо, дада, дир гьудулзаби. Гьез киданиги дие рекӏкӏ гьабуларо. Жакъа дир буго гӏарац, метер гьезулги букӏина. Жакъа дица хвезабулеб буго гьеб, метер гьезги гьабила.\n— Дида дур гьудулзаби лъикӏ лъаларого ратизеги бегьула, амма гӏумру дида лъикӏ лъала. Дида гӏемер рихьана дур гӏадал гьудулзаби ва гьел божизе бегьулел чагӏи рукӏунареблъи.\n— Дида лъикӏ лъала, дада, -илан чӏухӏун жаваб кьунила васас. Ва жиндирго ругьунаб къагӏидаялъ гӏумру гьабулев вукӏанила.\nЭмен хьулкъотӏараб куцалъ захӏматго унтула. Гьес васасда гьарула хъизан гьабеян, гьанжениги гӏакълуялде вачӏаян. Амма васас инсул гьари тӏубазабичӏила.\nХвалда цебе инсуца васасда абунила:\n— Дун хвараб мехалъ, дуца дир тӏадкъай тӏубачӏого бегьуларо.\n— Тӏубала эмен.\n— Дуца нилъер тухумалъул къадру цӏуне. Щиб кин кканиги, гьардухъги вукӏунге. Тухумалъул къадру рехизегӏан – хва мун. Бокьараб хӏалтӏи гьабе чӏухӏичӏого. Захӏматалъ инсан берцин гьавула, гӏодовегӏан гурев – кӏодо гьавула.\n— Ургъел ккоге, дада, дица дуца абухъе гьабизе буго.\n— Божизе кӏолеб гьечӏо, дир вас. Дие батӏалъи гьечӏо мун бечедго вугониги, мискинго вугониги. Дие аслияб жо буго, цоги нухалъ абуни, дуца нилъер тухумалъул къадру цӏуни. Инжитлъизегӏан хунго лъикӏ. Гьединлъидал бицунеб буго дуда цо балъголъи. Нахъарокъоб мокърокь бугеб чӏалуялда дица бан буго гъанцӏа. Гьабизесеб жо тӏагӏараб хӏалалде ккараб мехалда, дурго къадруги цӏунун, хва.\n— Дур рахӏатхвей гӏададисеб буго, дада. Дун гьеб хӏалалде киданиги ккезе гьечӏо.\n— Гьеб Аллагьасда гурони лъаларо, дир вас. Амма дуда дир рагӏаби кӏочон тоге…\nЭмен хванила.\nВасас кколеб куцалъ вукъанила гьев. Гьабунила гьесда хадуб садакъа-къулгьуги. Кӏикъого къоялъ танила мегежги. Гьеб болжал лъугӏарабго гьев, дагь-дагьккун гьадабго, живго ругьунаб гӏумруялде вуссанила.\nИнсуца нахъе тараб гӏарац лъугӏизегӏан гьудулзабаз гьев, зодове вахинавун, веццулев вукӏанила. Гӏарац лъугӏанагӏан гьезул балагьи гьесдехун хисанила. Гьел цере гӏадин гьесухъе рачӏунел рукӏинчӏила, нухда дандчӏванигицин вихьичӏеб ххвел гьабун толаанила. Гӏолохъанчияс хӏаракат бахъулеб букӏанила гьезул кьижараб намус борчӏизабизе. Гьанжелъизегӏан гьесул гӏарцухълъидал гьел квана-гьекъолел рукӏарал. Амма цересел гьудулзабаз гьесул кӏвар гьабичӏила.\nГьабизе жо тӏагӏарал къоял щванила гӏолохъанчиясде. Чияда гьаризеги намусалъ къабун гьабичӏила. Гьеб мехалда гьесда ракӏалде щванила инсул рагӏаби. Анила гьев нахъарокъове. Ваханила бакӏиде ва горбоде кӏичӏ ккезабунила. Цинги, малги бан, бакӏ добехун реханила. Дагьаб мехалъ кварида далун хутӏанила гьев. Цинги, тӏун кварги бачӏун, чӏарбида гӏодов речӏчӏанила…\nКӏичӏикье габур ккезабулеб хӏалалде гьев вачанила хасго гьадинаб лъугьа-бахъиналъ:\nРагӏанила гӏолохъанчиясда, жиндир гьудулзабазул цояв унтун вугилан. Гьесде ваккизе инчӏого рес букӏинчӏила. Кин инев, кодоб-хъатикь жоги гьечӏого. Вас цӏакъ къваридго вихьидал, щиб лъугьарабилан гьикъанила эбелалъ.\n— Дир гьудул унтун рагӏула. Гьесде ваккизе ине ккола. Кин инев, гьесие босизе жоги гьечӏого.\n— Ургъел ккоге, — ян абунила эбелалъ. – Нилъер буго цо хутӏараб ахирисеб гӏанкӏу. Хъвезеги хъун, белъараб гьебги босун, ина мун гьудуласде ваккизе. Инсуца малъухъе, дурго къадру цӏунизе ккола дуца.\nХъунила гьеб гӏанкӏуги. Белъараб гьеб цо дагьалъ цӏорозегӏан горда лъун букӏанила. Гьудуласухъе инеян вас хӏадурлъулаго, эбелалда лъураб бакӏалда гӏанкӏу батичӏила – катица кванан батанила гьеб. Вас цӏакъго рахӏатхун лъугьиндал, эбелалъ гьесие ракӏ-макӏ гьабун абунила:\n— Гьеб хӏалалъ къварилъуге. Гьел руго дур гьудулзаби. Дур гӏарац бугеб мехалъ, гьездаса дуца щибниги хира гьабичӏо. Гьанже, мун щибго гьечӏого хутӏараб мехалъ, цебесеб нужер гьудуллъиги ракӏалдещун, гьез дуда гӏайиб гьабиларо.\nВасасул ракӏ гӏодобиччанила, ва гьев унтарасде ваккизе анила.\nГьесул гьенир квана-гьекъолел ратанила киналго гьудулзаби. Амма гьез тӏаде вачӏарав цевесев гьудуласул кӏварцин гьабичӏила. Гьезда жив вичӏчӏилилан хьулалъ, гӏолохъанчи гӏанкӏуялъул ккараб бицине лъугьанила. Гьелин абуни, тӏад релъанхъизе лъугьанила.\n— Цо кинабалиго гӏанкӏуялъул бицунев вуго, оцги бачун вачӏине вукӏарав кинигин. Къваригӏун рукӏана дур щибго гуреб гӏанкӏуги, цадахъго мунги нижее.\nГьеле гьелъ лъугӏизабуна гӏолохъанчиясул сабруялъул ахирисеб къатӏра. Кварги тӏун, гӏодов речӏчӏаравго, гьесул ботӏроде гъвегъун бачӏанила месед-гӏарацги цадахъго инсуца тараб кагъатги. Гьелда хъван букӏанила: «Гьанжениги ракӏалдещвезаре дир рагӏаби ва гӏакълуялде вачӏа, дир вас», — илан.\nГӏемер вохиялъ васасда кӏочон танила инсул рагӏаби ва гьес эбелалда абунила:\n— Гьанже, батӏи-батӏиял гьекъолел жалги росун, дирго гьудулзаби ахӏила.\n— Кинал гьудулзаби? – абун гӏажаиблъанила эбел.\n— Дирго киналго гьудулзабиха, эбел.\n— Гьадаб киналдасаго хадубги дуца гьел гьудулзабилъун рикӏкӏунел ратани, дуда инсул рагӏабазул магӏна щибго бичӏчӏун гьечӏо, дир вас. Дуего бокьараб гьабе, амма гьедин дуца гьабуни, тӏокӏалъ мун дир вас гуро.\n— Гьаб месед-гӏарац, эбел, киназего гӏела.\n— Жеги дунялалда вижичӏо, месед-гӏарац гӏун, гӏорцӏарав чи. Бечелъиялъе даимлъи букӏунаро. Аллагьас кьола, Аллагьас нахъе босунги уна. Жакъа, рес букӏаго, чӏужуги яче, дурго букӏинеселъул тӏалаб-агъазги гьабе.\n— Дун ургъила, эбел.\n— Ургъе. Ургъулев чиясул ракӏбухӏуларо.\nГӏолохъанчиясул ботӏроде гӏемераб месед-гӏарац гъвегъун бугилан рагӏидал, гьесул цересел гьудулзаби ракӏаранила.\nГьел рихьаралго, гьас абунила:\n— Кӏигьумерчагӏазулгун дица гьудуллъи гьабуларо. Дир рокъобе нух къоса нужеда…\nГьелдаса нахъе, лъимал-хъизамалъ сверунги ккун, талихӏаб гӏумруялда вукӏанила гьев чи."}
{"slug": "608-giagarab-teatral-e-kurab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=608-giagarab-teatral-e-kurab-giumru", "title": "Гӏагараб театралъе кьураб гӏумру", "date": "2017-11-27 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Мухӏамад Нурмухӏамадовасул цӏваялъул кунчӏиялъухъе гьоболлъухъ ахӏун рукӏана\nКиноялда букӏа, театралда букӏа, батӏалъи гьечӏо, лъикӏал гурел ролал хӏалев артистасдехун цо кинабалиго рокьукълъи бижун бачӏуна. Гьеле гьединавлъун вукӏана диеги Магӏарул театралъул артист Мухӏамад Нурмухӏамадов. Махӏмуд Гӏабдулхаликъов цеве вачӏиндал, киналго релъулаан, Хӏосен Казиевасда берчӏвайдалги, разилъула. Амма Мухӏамадица роль хӏалелъул, спектакль лъугӏизегӏан гьесде хьандолелги камулароан. Ракӏалда буго, цо спектаклялда немцасул роль хӏалеб букӏана гьес. Спектакль лъугӏун хадубги, чанго къоялъ нахъе унеб букӏинчӏо гьесда бахъараб ццин. Гьев дие вукӏана ццидалав ва квешав артистлъун. Гьеб гурищ доб Тӏадегӏанас кьураб кӏудияб пагьму-гьунар — гӏадамазда рихинеб хӏалалда жиндирго роль хӏан бажари.\nАмма гӏумруялда батӏияв вукӏун вугоха халкъияв артист.\nМугӏрузда лъадарараб унго-унгояб кьварараб хасияталъул, гьединабго кӏалъаялъул, гьурмада бессараб гӏажаибго гӏадамазул ракӏазулъе рещтӏунеб гьимиялъул, жиндирго цӏваялъул тӏадегӏанлъиялда аскӏоб жиндиргоги цӏар хъварав, тӏадегӏанаб махщалил актер Мухӏамад Нурмухӏамадов.\n15 ноябралда гьеб цӏваялъул кунчӏиялъухъе гьоболлъухъ ахӏун рукӏана Магӏарул театралде артистасул творчество бокьулелщинал дагъистаниял. Кӏодо гьарулел рукӏана Мухӏамад Нурмухӏамадовасул гӏумруялъул 70 сон тӏубай ва гӏагараб театралъе кьураб 45 сон. Юбилярасда баркизе рачӏун рукӏана гьесул гӏагарлъиги, ракьцоялги, классцоял гьалмагъзабиги, гьудулзабиги. Дандеруссиналда гьединго гӏахьаллъана шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, гӏалимзабиги. Тадбир байбихьана Мухӏамадица роцӏараб, мугӏрузул иццалгӏан бацӏцӏадаб гьаркьидалъун ахӏулеб кочӏодалъун. Цере рачӏунел рукӏана гӏажаибго берцинаб магӏаруллъиги, гьениб кунчӏараб Мухӏамадил цӏваялъ босараб борхалъиги, гьеб борхалъиялда мустахӏикъаб бакӏ ккурав артистасул къисматалъул свералабиги. Юбилеялъулаб сценариялда гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеороликалъги бицунеб букӏана артистасул гӏумруялъул нухазулги, лъалкӏазулги, сухъмахъазулги, гьесул пикраби-анищазулги, наслабазе толеб бугеб бечедаб рухӏияб ирсалъулги хӏакъалъулъ.\nБаркиял…, баркиял…, баркиял.\nКӏалъазе рахъараз гьеб сордоялъ магӏарулазе рагьулел рукӏана миллияб театралияб маданияталда меседил хӏарпаз жиндирго цӏар хъварав Мухӏамад Нурмухӏамадовасул махщалил балъголъаби. Абула, махщалил рорхалъабазе гӏорхъи букӏунарилан. Кинав артистасулха рукӏунарел гьел рорхалъаби мукӏур гьаризе анищалги. Мухӏамадил гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал нахъехун регулаго, бихьулеб буго гьев гьеб борхалъуде бугеб нухдаса цониги нухалда хъущтӏичӏевлъи ва таричӏевлъи. Тадбир нухда бачана Гӏурус театралъул актер, республикаялъул мустахӏикъав артист Владимир Мещериница. Байрам берцин гьабун букӏана Мухӏамадил ракьцоял, Чӏарада районалдаса эстрадаялъул кочӏохъабазул церерахъиналъ.\nРегизин цӏидасанги нахъехун актерасул гӏумруялъул ва махщелчилъиялъул тӏохьол тӏанчал\nМухӏамад Нурмухӏамадов гьавуна 1947 соналда Чӏарада районалъул Хьинуб росулъ. Гьитӏинго бижана гьесулъ актерлъиялъул махщалиде кӏудияб рокьи. Гӏолиллъуда гьеб къасд дагьабги щулалъана. Ва даим ритӏухъавлъун хутӏана лъимерлъиялъул анищазе.\n1967 соналда Мухӏамад цӏализе лъугьана Киевалъул театралияб институталде. Ва 1972 соналда хӏалтӏизе вачӏана Магӏарул театралде.\nРолал, ролал… Чанго батӏияб сипаталда кӏалъана актер сценаялдасан магӏарулалгун. Бицана гьес халкъалъе миллаталъул каранда жавгьараллъун кенчӏарал бахӏарзазул хӏакъалъулъ. Гьабуна гьес хитӏаб кӏудияв Шамилил цӏаралдасан дагъистанияздезун гӏагарал мугӏрузул эркенлъи цӏунейилан. Даимаб суаллъун хутӏун бугеб ришватчилъиялъул ва гӏарцуца хӏакимзаби «ричун» росиялъул къваридаб къисаялъул хӏакъалъулъ бицана гьес, Н. Гоголил «Ревизор» асаралдаса гӏуцӏараб спектаклялда роль хӏалагоги. Вихьана магӏарулазда актер «Отелло», «Камалил Башир» (Гӏабасил Мухӏамад), «Мугӏрузул Гӏали» (Зайирбег Гӏалиханов), «Кӏодоласул ригьин» (Цӏадаса Хӏамзат), «Аршин мал алан» (У. Хӏажибегов), «Рокьул контора» (Хӏ. Казиев), «Махӏмуд ва Муи» (Гӏабасил Мухӏамад) ва цогидалги спектаклязда. Театралъе кьураб 45 соналда жаниб нусгоялдасаги цӏикӏкӏун багьадурасул сипаталда цеве вахъана Мухӏамад.\nМагӏарул театралияб махщел цебетӏезабиялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ гьев мустахӏикълъана тӏадегӏанал шапакъатазе.\n1997 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цӏар. Къоял рахъанагӏан, санал анагӏан, цӏубан, тӏегьан бачӏунеб актерасул гьунаралъ мутӏигӏ гьаризе байбихьана театралияб махщелалъул рорхалъаби.\n2006 соналда Мухӏамад Нурмухӏамадовасе кьуна «Россиялъул мустахӏикъав артист» абураб цӏар. Щвана гьесие гьединго республикаялъул хӏукуматалъул ва Культураялъул министерствоялъул рахъалдасан Хӏурматалъул грамотабигидипломал.\nАмма бищунго къиматаб шапакъатлъун гьесие хутӏизе буго гӏагараб халкъалъул рокьиги хъатил гъугъайги.\nГьеб сордоялъги чӏвана артистасе хъат. Гьеб хъатил гьаркьица Мухӏамадил гӏумруялда 45 соналъ угьана тӏадегӏанаб пагьмуялъул накъишал. Магӏарулазда гьеб сордоялъги вихьана Кӏодолавги (Цӏ. Хӏамзат), Гӏалиги (Р. Хӏамзатов), мугӏрузул Гӏалиги (З. Гӏалиханов).\nМагӏарул театралъул актераз баркана Мухӏамадида нахъа тараб гьайбатаб нухлул сухъмахъал ва шагьраби. Рекӏел гъварилъудасан бачӏунеб хӏасратаб рокьиялъ ахӏулеб букӏана гьез вокьулев артистасде Кӏодочилан. Гьедин абулеб буго гьез Мухӏамадида.\nЖакъа гьев театралдаги ккола цӏикӏкӏараб гӏелалъул артистазул цояв. Гьес гӏолохъанал артистазда лъалареб малъула, бажарулареб роль хӏалеб куц бихьизабула. Ролал хӏазе гуребги бажарула артистасухъа. Гьесда тӏадкъан буго музыка хъвалеб студиялъул ишги. Гьес махщалида хӏалтӏизабула музыкалияб аппаратура. Бакънал хъвазеги махщел буго Мухӏамадил. Умумузулго аби гьечӏищха, цо жоялъе гьунар бугев чи сундулъго гьунар бугев вукӏунилан. Гьеле гьединав анкьгьунарлъун рикӏкӏуна аскӏор хӏалтӏулезги Мухӏамад. Лъугӏана юбилеялъулаб сордо. Цӏидасанги байбихьана артистасул театралияб гӏумру. Цӏиял ролал. Цӏиял зрителал. Ва жиндирго гӏумруялъулъги гӏагараб театралъул сценаялдаги талихӏ батарав Россиялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадовги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "609-k-abull-arab-dugia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=609-k-abull-arab-dugia", "title": "Къабуллъараб дугӏа", "date": "2017-11-27 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "ЮАРалдаса тохтуралъул ккараб лъугьа-бахъин\n— Цо сордоялъ дунги цадахъ рукӏарал медсестрабиги захӏматаб дежурствоялде ккана, — ян хъвалеб буго ЮАРалдаса тохтуралъ. — Лъимер гьабулаго, кигӏан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кӏвечӏо гӏолохъанай чӏужугӏадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечӏого гьабураб, загӏипаб лъимер ва кӏиго сон барай яс. Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загӏипаб лъимерин абун? Больницаялда рукӏинчӏо шартӏал, хӏатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букӏинчӏо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячӏана, гьитӏич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячӏана магӏил бералги цӏун:\n— Хинаб лъим жанибе тӏурабго, грелка бихъана. Гьабин абуни букӏана нилъер гьаниб хутӏараб ахирисеб грелка.\n«Гӏодобе тӏураб рахьалда хадур гӏодиялъул магӏна гьечӏин» бакътӏерхьул улкабазда абулеб гӏадин, Африкаялдаги пайда букӏинчӏо грелкаялда хадур гӏодун. Гьеб босизе я аптека ялъуни тукен букӏинчӏо.\n— Щибха гьабилеб? – ан абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цӏадуда аскӏоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачӏунеб гӏадаб бакӏалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечӏони гьитӏич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскӏор регила, гьелда гьури чӏваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго, лъимер квачалдаса цӏуни.\nНахъисеб къоялъ дун ана аскӏобго букӏараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъ къаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитӏинаб лъимадуе дугӏа гьабейилан.\n— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ан абуна дица гьезда, — цого-цо букӏараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букӏана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.\nДица, гьединго, гьезие бицана кӏиго сон барай ясги йигин гьей хварай чӏужугӏаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачӏониги, эбелалъухъ гӏодулей.\nЛъимал кутакалда гӏенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугӏа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцӏго сон барай гӏадай ясалъ. Гьей ракӏ-ракӏалъ Аллагьасде гьардолей йикӏана, жиндирго гьитӏинал квералги цере ккун:\n— Я, нижер Бетӏергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватӏун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго…\nГьедин гьарана гьелъ гӏезегӏан мехалъ, бацӏцӏунаго магӏугун ва ахиралда тӏадеги жубана:\n— Цо ясикӏоги кье, Аллагь, гьей кӏиго сон барай ясалъе, жий Дуе йокьулеблъи гьелда лъазе ва гьелъул ракӏги гъун букӏине…\nГьелъул гьари рагӏун гьакӏкӏан хутӏарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. Тӏубалареб гьари бугилан пикруги букӏана, гьитӏинай ясалъул анищ бихьулищин ракӏалдеги ккана. Гьединал пикрабазда дун хӏалтӏуде тӏадюссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букӏана больницаялда дандбитӏухъ. Дарсида йикӏаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чӏун. Дун гьение екерана, амма дун тӏаде щвелалде гьеб ана. Гьеб машинаялда рукӏараз дир рагъида лъун бугоан къоло кӏиго килограмм бугеб кӏудияб посылка. Дир берал магӏил цӏуна. Дие жеги лъицаниги посылка битӏун бачӏун букӏинчӏо, лъабго соналъ гьаний хӏалтӏулей йигониги. Дихъа гьеб рагьизе бажаричӏого, добго лъималазул рокъобе ахӏи бана. Гьебсагӏатго тӏаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикӏана дой дугӏа гьабурай ясги. Киналго тӏаделъун, нижеца цо-цоккун гарацӏ бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотӏана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. Лъебергогӏанасеб бер букӏана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.\nБищун тӏад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчӏелел рукӏана. Хадур рахъун рачӏана медицинаялъул къваригӏунел алатал, чанго кишмишалъул къвачӏа, конфетал… ва грелка! У, хӏакъикъаталдаги букӏана цӏияб грелка!\nЛъималазул, гӏажаиблъун, гьаркьал рорчӏана, дирин абуни берал магӏил цӏуна. Дица гьарун букӏинчӏо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гӏажаиблъун йикӏана. Дунго кинай гӏабдалха, дугӏаялъул къуваталда божуларей?\n— Грелка кьурав Аллагьас ясикӏоги кьун батизе бегьула! – янги ахӏделаго кӏанцӏезе лъугьана дугӏа гьабурай яс.\nХӏакъикъаталдаги посылкаялъул тӏиналда батана берцинаб ясикӏо. Ясалъул берал цӏваби гӏадин кенчӏана, гьей божун йикӏана гьарараб жо Аллагьас кьолеблъиялда.\n— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитӏинай ясалъе гьаб ясикӏо кьезе? – ян абуна гьелъ дида.\n— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магӏугун.\nГьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцӏ. Гьеб битӏун букӏун буго дир рукӏарал цӏалдохъабаз, дунго гӏадай тохтуралъ ракӏалдеги щвезабун. Гьелъул ракӏалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битӏун хӏажатаб къоялъ грелка тӏаде щвезе. Посылка цӏечӏого хутӏараб бакӏалда цоялъ ясикӏоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букӏинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитӏинай ясалъул дугӏаялъе Аллагьасул жаваб."}
{"slug": "611-uchitelasul-g-alatial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=611-uchitelasul-g-alatial", "title": "Учителасул гъалатӏал", "date": "2017-11-27 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гӏолохъанал педагогазе малъа-хъваял\nШколазда гӏезегӏан руго дарсил план хъвазеги, дарс гӏуцӏизеги лъаларел учительзаби. Гьединал педагогазе хасиятал гъалатӏазулги гьел ритӏизарулел къагӏидабазулги хӏакъалъулъ гьадинал баянал кьолел руго хӏалбихьи бугел учительзабаз.\nГъалатӏ 1. Пуланаб суалги кьун, учителас абула: «Лъие бокьилеб жаваб кьезе?» — ян.\nСуалалъе жаваб кьезе цӏалдохъанасе гьединаб рес кьолев учитель мурадалде щоларо. Жаваб кьезе лъиениги бокьун гьечӏин чӏезеги бегьула гьел. Абизе ккола: суалалда тӏад цин ургъе ва хадуб жаваб кьеян. Гьебмехалда жаваб кьезе гъира бугел цӏалдохъаби цӏикӏкӏине ресги букӏуна, жавабалги мухӏканал кьола.\nГъалатӏ 2. ИКТ хӏалтӏизабулинги абун, дарс буссинабизе бегьуларо мультимедиялъулаб шоуялде.\nКомпьютерги цогидал техникиял алаталги кидаго хӏалтӏизаризе ккола кумекалъул алатал хӏисабалда. Берцинаб тӏабигӏаталъул слайдазухъ яги пуланаб видеороликалъухъ балагьизе цӏалдохъаби тӏамулеб мехалда кӏочене бегьуларо дарсил аслияб мурадги темаги. Дарсида букӏине ккола цӏалдохъабазулгун чӏагояб гара-чӏвари, гьел тӏамизе ккола бихьи-рагӏаралъул хӏакъалъулъ жидерго пикраби рицине.\nГъалатӏ 3. Чӏамучӏаб дарс.\nЦокӏалаб чвахигун ва цо мурад тӏубазабулаго гӏуцӏараб дарс чӏамучӏаб букӏуна. Гьединаб дарсихъ гӏинтӏамуларо цӏалдохъабаз. Дарсил темаги кӏочон тун, гьел машгъуллъизе бегьула батӏиял жалазде, масала, телефоназде руссуна. Гьедин ккечӏого букӏине, учителас чанго бутӏаялде бикьизе бегьула дарсил мурад. Дарсги гӏуцӏила гӏисинал масъалаби тӏуразариялъул къагӏидаялда.\nЖигаралда цӏалдохъаби хӏалтӏизарулеб дарсги чӏамучӏлъизе бегьула – гьелъ лъимал сваказарула. Гьединлъидал дарсида хис-хисун хӏалтӏизаризе ккола батӏи-батӏиял къагӏидаби.\nГъалатӏ 4. Хӏадурараб дарсил план-конспекталдаса кьурунгутӏи.\nЦебеккунго хӏадурараб конспекталда рекъон дарс бачиналъул кӏудияб кумек букӏуна учителасе. Амма цо-цо мехалда конспекталда хиса-басиял гьаричӏого тӏубаларо. Гьелъие рукӏине бегьула гьадинал гӏиллаби:\n• цебесеб дарсида контролияб хӏалтӏиги хъван дур дарсиде рачӏарал цӏалдохъаби свакан рукӏиналда бан, гьезул къуват гӏоларо, иргадулаб дарсидаги жигаралда хӏалтӏизе. Гьелъ квалквал гьабула дур дарсил мурадал тӏуразе;\n• ИКТ хӏалтӏизабизе ракӏалда бугеб мехалда, школалда ток гьечӏого хутӏизе бегьула;\n• ток батаниги, проектор, компьютер ва цогидаб техникияб алат хӏалтӏичӏого рукӏине бегьула.\nГьединаб хӏал бугониги, цогидал къагӏидабиги хӏалтӏизарун, дарс кьезе хӏадуравлъун вукӏине ккола учитель.\nГъалатӏ 5. Къокъабазде класс бикьун бугони…\nКлассалда жигарчилъи цӏикӏкӏинабулеб къагӏида буго къокъабиккун цӏалдохъаби хӏалтӏизари. Мухӏканго хӏадуризе ккола щибаб къокъаялъе кьолеб тӏадкъай. Щивав цӏалдохъанасда цебелъезе ккола чӏванкъотӏараб масъала. Цӏалдохъабазда бичӏчӏизабизе ккола, щивасул хӏаракаталъе хасаб къимат лъезе бугеблъиги. Гурони, цевехъанлъун вукӏине бажарулев цӏалдохъанас кинабго хӏалтӏиги тӏубан, хутӏарал гьесухъ ралагьун чӏола.\nГъалатӏ 6. Цӏияб дарс хутӏана цӏалдохъабазда бичӏчӏичӏого …\nДарс кьолаго, учителас халкквезе ккола, цӏалдохъабазда гьеб бичӏчӏулеб бугищали. Гьелде кӏваркьечӏого тани, учителас бицарабщинаб жо ракӏалда чӏезабуларо цӏалдохъабазги. Гьезда чарагьечӏого гьикъизе ккола, дарсида бицен гьабурал терминазулги цӏиял рагӏабазулги магӏна бичӏчӏулищали.\nГъалатӏ 7. Гӏемерисеб мехалда халатал текстал рекӏехъе лъазаризе тӏами.\nДарс кьеялъул гьединаб къагӏидаялъул пайда букӏунаро. Цӏалдохъаби ругьунлъула, щибго бичӏчӏичӏониги, рекӏехъе лъазарурал тексталги рицун, къиматал росизе.\nГъалатӏ 8. Чӏванкъотӏараб мурадги масъалаги церелъечӏого дарс ин.\nДарсил темаги бицинчӏого, гьеб лъазабиялъе квербакъарал масъалабиги мурадалги мухӏкан гьаричӏого кьураб дарс цӏалдохъабазул рекӏелъ цӏунун хутӏуларо. Гьединаб дарсги ккола гӏададисеб хӏалтӏилъун.\nГъалатӏ 9. Цӏалдохъабазде кӏваркьунгутӏи.\nДарс-лекция къанагӏат гурони тӏобитӏизе бегьуларо школалда. Цӏалдохъабазулгун гара-чӏвари гьечӏеб дарсил мурад тӏубаларо. Учителасул бадиреги ралагьун, жидерго пикрабазда рукӏуна гӏемерисел цӏалдохъаби.\nГъалатӏ 10. Кагътида тӏад хъварабги цӏалулаго, дарс кьей.\nУчителас дарс кьезе ккола цебеккунго хӏадурараб план-конспекталда рекъон. Гьеб конспектги букӏине ккола учителасул ботӏролъ. Гьоркьоса къотӏичӏого конспекталъухъ балагьулаго, яги тетрадалда тӏаса бер нахъе босичӏого, кьолеб дарс чӏамучӏлъула цӏалдохъабазе. Гьезда бичӏчӏула, бицине кколеб яги дарсида тӏобитӏизе кколеб тӏадкъай учителасда жиндагоги лъалеб гьечӏеблъи. Хӏатта гьеб планшеталдаса яги компьютералъул кумекалдалъун интерактивияб хъорщодаса цӏалулеб бугониги. Гьединав учителасде божилъи тӏагӏуна цӏалдохъабазул."}
{"slug": "620-giemer-l-il-rugel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=620-giemer-l-il-rugel", "title": "Гӏемер лъил ругел?", "date": "2017-12-01 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гӏемер лъил ругел?\nРоссиялъул регионазда гьоркьоб гьекъолдиялъул рахъалъ\nцебесеб бакӏ ккуна Магадан областалъ\n«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталъул экспертаз гӏуцӏана Россиялъул гьекъолдулелги гьекъолдуларелги регионазул рейтинг. Гьеб хӏадурулаго, хӏисабалде босана гьекъолдиялъул кьучӏалда хваралги, «алкоголизм» ва «алкоголияб психоз» абурал диагнозалгун медицинаялъул идарабазул сияхӏалде росаралги, мехтун рукӏаго, такъсирал гьаруралги, низам хвезабуралги гӏадамазул къадарги, тукабаздаса гӏаракъиги, коньякги, чогърол батӏи-батӏиял тайпабиги, пивоги, спирт гъорлъ бугел цогидалги гьекъолел жалги ричиялъул хӏужабиги.\nЭкспертазул цӏех-рехазда рекъон, 2017 соналда мехтизарулел жалалгун «гьудуллъи гьечӏел» регионаллъун ккола Чачан Республикаги, Ингушетияги, Дагъистанги. Гьезда хадур руго Гъарачай-Чергесияги, Белгород ва Ростов областалги, Ставрополь крайги, Астрахань областьги.\nМехтизарулел жалазде «цӏикӏкӏараб рокьи» бугел регионаллъун ккола: Магадан областьги, Ненец автономияб округги, Бурятияги. Гьекъолдухъаби гӏемераб 10 регионалда гъорлъе ккана Чукоткаги, Пермь крайги, Нижегород областьги.\nИюнь моцӏалда Роспотребнадзоралъги хӏадурун букӏана гьединабго рейтинг. Гьез хӏисабалде босун букӏана улкаялда спирт гъорлъ бугел жал ричиялъул баянал. Ведомствоялъул баяназда рекъон, бищун дагьаб къадаралда мехтизарулел жал росун руго Северияб Кавказалъул республикабазда: Ингушетиялдаги Чачаналдаги – рухӏ рикӏкӏун, цо литр, Кабардино-Балкариялда – 0,5 л, Северияб Осетиялда – 0,6 л. Церехъабазул кьерда руго Магадан область (бацӏцӏадаб спирталъул 14,1 л цо рухӏалъе). Гьелда хадур руго Москваги Сахалин областьги.\nРоссиялъул югалъе пайда букӏина\nГьуърузул унтабаздаса сахгьариялъул центр рагьизе буго\n2018 соналъул ахиралде Каспийскалда, РАНалъул «Гӏелму» пансионаталъул кьучӏалда рагьизе буго гьуърузул унтабазул реабилитациялъул центр. Гьеб балаго, дандчӏвалел масъалабазул хӏакъалъулъ бицана хасаб данделъиялда. Дагъистаналде вачӏун вукӏана РФялъул Гӏелмиял идарабазул федералияб агентствоялъул (ФАНО) нухмалъулесул заместитель Александр Степанов. Цӏибалеб централде рачӏине руго СКФОялдасаги ЮФОялдасаги гӏадамал.\nАлександр Степановги, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Анатолий Карибовги, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралев Танка Ибрагьимовги щвана пансионаталде, ва гьез халгьабуна гьелъул рукъзабазулги сверухълъиялъулги.\nПансионаталда лъезе буго унтарал сахлъизаризе рес кьолел аппараталги гӏуцӏизе руго гӏемер заманалъ пациентал рукӏине санагӏатал шартӏалги. Гьел суалал дандразе гӏагараб заманалда республикаялде рачӏине руго ФАНОялъул хӏалтӏухъаби.\nТанка Ибрагьимовас баркала кьуна ФАНОялъул вакилзабазе кӏудияб кӏваралъул гьеб объект базе Дагъистан тӏасабищаралъухъ. Регионалъе пайдаяблъун рикӏкӏунеб буго гьеб проект. Пансионаталда рагьулеб централда сахгьаризе руго туберкулез хутӏизегӏан, гьуърузул киналго унтабаздаса. Туберкулезалъ унтаразе рагьизе руго Туберкулезалъул диспансералда хасал кабинетал. Гьениб лъезе буго гьанжезаманалъул медицинаялъул алаталги."}
{"slug": "621-chiagoyab-klassika", "url": "https://hakikat.info/?nationals=621-chiagoyab-klassika", "title": "Чӏагояб классика", "date": "2017-12-01 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Музыкалияб фестивалалда — хореографиялъулаб драма «Имам Шамил»\n27 ноябралда Гӏурус театралда бихьизабуна СССРалъул халкъияв артист Мурад Кажлаевасул музыкаялда Россиялъул мустахӏикъав артист Муса Оздоевас лъураб «Имам Шамил» абураб балет. Анцӏила кӏиабилеб нухалдаги дагъистаниязда ракӏалдещвезабуна ватӏаналъул бахӏарчиял васаз бидуца хъвараб тарих.\nПардав рагьарабго, цере рачӏуна лъабавго имам: Гъазимухӏамад, Хӏамзатбег, Шамил. Гьез Дагъистаналъул тарихалда тана хасал лъалкӏал. Балет гӏуцӏун букӏана 17 бутӏаялдаса. Балеталъул байбихьуда — гӏодобе биччараб магӏаруллъи. Жиде-жидер хӏалтӏи-пишаялда гӏадамал. Гӏадатаб магӏарул хъизамалда гьавула хадуб гӏадатав гуревлъун вукӏине вугев вас. Гьесда лъола Гӏалиян абураб цӏар. Амма унтидал, гьеб цӏар хисана. Ва гьале нилъеда цеве — Шамил. Хадуб — кинабалиго хӏинкъараб багъа-бачари. Ватӏаналъе хӏинкъи букӏин лъазабулел гӏаламатал. Гъазимухӏамад ва Шамил. Шамил имамлъун вищи. Гендерил росдал эркенлъиялъе гӏоло рагъал. Лъукъарав имам. Гьесулги эбелалъулги дандчӏвай. Гьей хӏинкъулей йиго васасул гӏумруялда. Амма Шамилица гӏагарал мугӏрузе гьа бала тушманасдаса ракь эркен гьабизе гӏоло.\nАхӏулгохӏда унеб буго вахӏшияб рагъ. Тушманасухъе кверде инегӏан, хвел тӏаса бищулеб буго бахӏарчиял мугӏрул руччабаз. Балагьаразе цӏакъго кӏудияб асар гьабуна гӏурусазухъе гъоркьлъалие Шамилил вас Гъазимухӏамад кьолеб лахӏзаталъ. Мугӏрулцин гӏодилел рукӏараб гӏадаб хӏал букӏана васасул эбелалда.\nГьале асирлъуде росарал гуржиязул бикаби. Гьезухъ Александр Кӏиабилес асирлъудаса эркен гьавула Шамилил вас Жамалудин.\nХадусеб бутӏаялда — Шамил ва Шугӏайнат. Гьеб лахӏзаталъ бицунеб букӏана дунялалда рагъал гурелги, рокьиги букӏин.\nГьанжеги цӏидасан байбихьана рагъ. Гьаб нухалда — борхатаб Гъуниб. Ва гьале Кавказалъул рагъул пашманаб ахир — Шамил ана асирлъуде.\nСанкт-Петербург. Александр Кӏиабилес Шамилие кьола меседил хвалчен. Кӏудияв Имам — гӏурусазул балалда. Амма гьесул берал цӏакъго пашманго руго. Гьесие асарго гьабулеб гьечӏо жиндехун гӏурусазул бугеб лъикӏаб бербалагьиялъ.\nВа ахиралдаги цере рачӏуна лъабавго имам — Гъазимухӏамад, Хӏамзатбег, Шамил…\nБалеталде рачӏун рукӏана гьелъие хъвараб музыкаялъул автор Мурад Кажлаевги ва Дагъистаналъул культураялъул министарсул ишал тӏуралей Зарема Бутаеваги, Махӏачхъалаялъул школазул цӏалдохъабиги республикаялъул вузазул студенталги.\n***\nМиллияб музеялъе — сайгъат\nЛаваша районалъул Гъоркьа Чӏугӏли росулъа палеонтолог Гӏумар Хӏапизовас Дагъистаналъул миллияб музеялъе кьуна ихтиозавралъул хутӏелазул копиял\nГӏумарида гьел ратун рукӏана Гӏахъуша росдал рагӏалда, Чурчума абулеб бакӏалда. 100-300 миллион соназ цере рукӏарал гьезул хутӏелазул копиял гьаруна Гӏахъуша росдал музеялъул директор Зубалжат Мирзаевалъул жигарчилъиялдалъун ва республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Руслан Ярахӏмадовасул кумекалдалъун. Тадбиралда гӏахьаллъана РАНалъул ДНЦялъул нухмалъулев Муртазагӏали Хӏажиевги, ДНЦялъул ИИАЭялъул директор Махӏач Мусаевги, институталъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъан Рабадан Мухӏамадовги, республикаялъул миллияб музеялъул директор Пахрудин Мухӏамадовги, цогидалги. Пахрудин Мухӏамадовас, тадбиралда гӏахьаллъаралги разилъун, хӏукму гьабуна Гӏумар Хӏапизовасул музей пачалихъалъулаблъун гьабизе. Гӏахъуша районалъул бетӏер Ахӏмад Махӏарамовас абуна районалъул музеялъе хасаб мина кьезе бугилан.\nЦерерахъин\nГьудуллъиялъул кьо\nМагӏарул театралда концерт бихьизабуна\nгьеб театралъул артистазги Гӏурус-Мартан\nрайоналъул гьунарчагӏазги\nГьеб цадахъаб проект гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ бицана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас. Театралъул зал кьабун цӏун букӏана. Гьалбадерие чӏвалеб хъатил гьаракь гьоркьоса къотӏулеб букӏинчӏо. Чачаналдаса гӏисинал гьунарчагӏаз ахӏана Мухӏамад аварагасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ нашидалги мавлидалги. Гьел сайигъат гьарун рукӏана авараг гьавураб хирияб моцӏалъе. Гьединго рихьизаруна гьез жидерго миллиял кьурдабиги, ахӏана гӏагараб мацӏалда кучӏдулги. Рагӏабаздалъун цоцазда ричӏчӏулел рукӏинчӏониги, бихьулеб букӏана дагъистаниязулги чачаназулги гьунарчагӏаз кӏиябго республикаялъул халкъ гьудуллъи-вацлъи цӏунизе ахӏулеб букӏин. Гьединаб букӏана тадбиралъул ахӏиги- цӏуне гьудуллъи абураб. Цадахъаб проекталда рекъон, гьединабго тадбир, театралъул артисталги гӏахьаллъун, кватӏичӏого тӏобитӏизе буго Чачаналдаги."}
{"slug": "622-fazu-gialieva-gayuraldasa-85-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=622-fazu-gialieva-gayuraldasa-85-son", "title": "Фазу Гӏалиева гьаюралдаса — 85 сон", "date": "2017-12-01 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Гӏазулаб декабралда кунчӏараб цӏва\nЖакъаги рагӏулеб бугин ккола гьелъул чӏагояб гьаракь\nДица берал къанщидал,\nКъаникь лъелалде цебе,\nКъватӏибе ракӏги бахъун,\nКъотӏун жанир раккани,\nГьениб Дагъистаналъул\nСипат-сурат батила,\nСунданиги хъвагӏазе.\nНахъе бахъизе кӏвечӏеб.\nГьадин хъвана халкъияй шагӏиралъ. Гьеб букӏана гьелъул кучӏдузул аслияб ахӏилъунги. Ракӏалдещолеб буго, школалда цӏалулелъул, «Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида» абураб гьелъул кечӏ хоралда ахӏулеб букӏараб заман. Нижер гӏелалъе гьеб букӏана рокьулел кучӏдузул цояблъунги. Ахӏулеб букӏараб шавкъалдаги нижеца гьеб:\nВатӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида\nЛъицадай малъараб гьаб дунялалда?\nЛъица, абадиялъ унареб хӏалалъ,\nДир хӏасратаб рекӏелъ бикӏараб дур цӏар?\nТӏаде щолеб буго шагӏир гьаюраб къо. 1932 соналъул щуабилеб декабралда хунздерил тӏалъиялда кунчӏана хӏикматаб цӏва. Гьелда лъалеб букӏун батула, жиб къобахъанагӏан, санал анагӏан, гвангъизе букӏин. Ва, дунялалда гӏажаибал лъалкӏалги толаго, Фазуйилан цӏар кьураб гьеб хӏикматаб цӏва магӏарул адабияталъул гъасда даимго бакахъе хутӏана. Дой рещтӏана ракьалда, хъахӏаб гӏазул рацӏцӏадал ва хӏеренал хӏулабаз недегьго еэдулаго. Гьез гьелъул гӏумруялдаги рахъана хӏикматал накъишал. Ракьалдасаги дой ана, хъахӏаб гӏазул рацӏцӏадал ва хӏеренал хӏулабаз недегьго еэдулаго. Хъахӏаб гӏазу — гьеб буго тӏадегӏанлъи, рацӏцӏалъи, берцинлъи. Цебе бачӏунеб буго маргьадулъ гӏадаб берцинлъи — хъахӏаб гӏазуги, гӏаздада рижарал тӏугьдулги, гьеб берцинлъиялдаса лазат босулеб гьединабго берцинаб хӏинчӏги. Гьеб буго шагӏиралъул рухӏалъул хӏинчӏ. Гьелъул кьерги гӏурччинаб буго. Гьеб букӏана Фазуе бищунго бокьулеб кьер.\nФазу Гӏалиевалъул цӏар бахъидал, цее чӏола гӏагараб Гиничукь росдада аскӏоб бугеб майданалда, гьелъул юбилеялда, квералги гӏебеде ритӏун, гӏагарал мугӏрузда тӏавап гьабизе урхъун гӏедегӏараб зобалазде боржун унеб цӏумалда релълъарай мугӏрул чӏужугӏадан. Гьелъул кьурдиялда рухӏдаллъун рукӏана доб мехалда. Гьалеха жакъаги цереса унел гьечӏо дида гьел лахӏзатал.\nЖакъа нилъгун гьечӏо халкъияй шагӏир. Жакъаги рагӏулеб бугин ккола гьелъул чӏагояб гьаракь:\nГьаб бигъараб гӏомо дир гӏумру буго,\nБичизе, чучизе кодоб босуге.\nГьелда рарал гарцӏал дир магӏу буго,\nБитӏизе гьабизе тӏад квер бахъуге…\nМагӏарухъ къанагӏатаб цӏар — Фазу. Фазуги гӏазуги. Гӏазуги Фазуги… Гьеб кӏиябго рагӏуда гьоркьоб бухьенго бугодаян ургъараб мехалда, цебе бачӏуна цӏорораб декабрь. Гьелъ ракьалде гӏазугун цадахъ гьурщулеб рахӏмат. Гьеб рахӏматалъул тӏирицин гуродай Фазуйилан кколеб буго. Гӏаздаца ракьалда рахъулел гӏажаибал накъишаз гӏадамазул ракӏазе гьабулеб хӏикматаб асаралда хьолбохъго руго Фазуца гӏадамазул гӏумруялда угьарал накъишалги. Гьел сверана гӏагараб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьиялде. Гьеб рокьиги талихӏги тӏадбуссана шагӏиралъухъе:\nДие гьаб дунялалъ кьунщинаб нигӏмат:\nТалихӏалъул гъонолъ тӏерхьун йиго дун…\n…Дие гьаб дунялалъ кьунщинаб нигӏмат\nДицаги нужее кьела, гӏадамал.\nДир васият буго ва гьари буго:\nГьеб дие гӏадинан бокьа нужее!\nШагӏиралъул бидулъ рессун, гӏумруялда чӏвараб талихӏаб мугьрулъун руго мугӏруз жидерго тӏогьазда ва каранда рикӏарал, кирниги хъвачӏел, амма щивав магӏаруласул гъанситоялъе хинлъи кьолел законал. Мугӏрузул законал. Бугебдай дунялалда гьезул берцинлъи борцунеб роцен?!:\nТушманас мугӏрузул гӏорхъи бахани,\nБихьинчилъи- бищун лебалаб ярагъ.\nГьудул вачӏанани, гӏодоб тӏамураб\nТӏанса гӏадин цебе рагьун лъола ракӏ.\nГьале дир мугӏрузул гӏадатаб закон,\nБертабалъ тӏил гӏадин, цоцахъе кьолеб,\nХъвай-хъвагӏай гьабичӏеб, амма щивасул\nБидулъе, рокьолъе кьалбал риччараб…\nХунздерил тӏалъиялда кунчӏараб Фазул цӏваялъе цӏа кьуна гьенибго кунчӏараб цоги цӏваялъ. Шагӏиралъул шигӏрабазда куркьбал гъуна ва гьезда гӏадамазухъе нух бихьизабуна исана жив гьавуралдаса 140 сон тӏубарав, магӏарул адабияталъул классик, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатица:\n…Бакъул тӏадегӏанлъи ракьуе гӏадин,\nДие хӏажат руго, Хӏамзат, дур кучӏдул.\nДица щибаб къойил анцӏ-анцӏ нухалда\nДур хабада цебе свери бахъула.\nБуртина тӏад барал дур гъуждуздасан\nМугӏруздасан гӏадин, баккула рогьел.\nДир хъахӏлъулеб бетӏер гӏодоб къулула,\nМагӏу хулун уна дир канал бералъ.\nДур, Цӏадаса Хӏамзат, цӏадул цо кунчӏи\nДир кучӏдулъ батани, дудаса буго…\nГьедин хъвана гьелъ Хӏамзатил хӏакъалъулъ.\nАна Фазу. Ракьалда рещтӏунаго, недегьго гьей еэдарал хъахӏаб гӏазул хӏикматал хӏулабаз ячунги ана гьей. Фазу Гӏалиева. Гьей магӏарулазе, тӏолго Дагъистаналъе, хӏатта дунялалъегицин хутӏизе йиго гӏазугӏан хъахӏайлъунги, гьелъул хӏулабигӏан хӏеренайлъунги, жиндирго шигӏрабаз рачунел талихӏалъул бакъналгӏан хӏайранайлъунги, мугӏрулгӏан тӏадегӏанайлъунги:\nНилъ нухлулал руго гьаб гӏумруялда,\nГӏумруялъе борцун цо-цо натӏ кьурал.\nГӏарац — месед босун, ришват кьуниги,\nРокьо гьелде тӏаде тӏокӏаб щоларо.\nМагӏарул росдал сипат. Тӏадбан унеб бугеб талихӏаб гӏумру. Гьеб берцин гьабулел магӏарулал. Шагӏиралъул рохалил цӏураб ракӏалъ ахӏулеб буго:\nРии тӏадбан буго дир тӏалъиялда,\nТӏугьдул рарщун руго, пихъал щун руго.\nЩивасул кавудахъ харил къай буго,\nХарицелабазул кунчӏ-кунчӏи буго.\nРии тӏадбан буго дир тӏалъиялда,\nТӏолабго дуниял бакъул цӏун буго.\nКваранисаги бакъ, квегӏисаги бакъ,\nКвен лъураб гъадриниб басандулеб бакъ.\nАмма рукӏуна гьеб талихӏалдаги гьелъул цӏураб ракӏалдаги сверухъ, моцӏроде хӏапдолел турщул киниги, хьухьарал хьухьалгун рортулел жахӏдачагӏиги. Гьединазул хӏакъалъулъ шагӏиралъ хъван руго гьадинал рагӏабиги:\nМугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабулеб\nЦӏум бихьараб мехалъ, цӏацӏала дур ракӏ.\nМацӏалъул халатал цӏалалги хьвагӏун,\nГьелъий квекӏеналъе кваквадула мун.\nЦӏумазул борхалъиялда ругел шагӏиралъул шигӏрабазда ва прозаялда «квалквадулезе» кьураб жаваблъун руго гьал хадусел рагӏабиги:\nКӏоларо воржине дуда цӏум гӏадин,\nМегӏергӏан ворхатав гьечӏо мун вижун,\nБакъул гӏадаб хинлъи гьечӏо дур рекӏелъ,\nГӏурул гӏадаб къуват гьечӏо дур чорхолъ…\nАмма заргӏанасеб дур рекӏелъ жаниб.\nРалъадгӏан гьалагаб жахӏдадал хӏавуз,\nХӏарщудеги буссун, буго беролеб."}
{"slug": "624-magiarukh-a-giiyal-gan-sibiraldasa-ritiuchiil-tiom", "url": "https://hakikat.info/?nationals=624-magiarukh-a-giiyal-gan-sibiraldasa-ritiuchiil-tiom", "title": "Магӏарухъа гӏиял гьан, Сибиралдаса ритӏучӏил тӏом", "date": "2017-12-01 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏолабго Россиялъул гӏиял 20 процент буго Дагъистаналда\nРеспубликаялъул гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул центрлъун, «тахшагьарлъун» рикӏкӏунеб Кочубей поселокалда бугеб гьеб хъулухъалъул управлениялда 23 ноябралда тӏобитӏана кӏудияб тадбир-данделъи.\nДанделъиялда цере росарал аслиял суалал рукӏана: лъарагӏлъиялде гӏи гочинабиялъул исанасел хӏасилазул хӏисаб гьаби ва хасел нухда тӏамиялъе магӏишатазул бугеб хӏадурлъиялъе къимат кьей. Данделъиялда гӏахьаллъана хӏукуматалъул бетӏерасул заместителасул ишал тӏуралев Билал Гӏумаров, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министрасул ишал тӏуралев Керимхан Гӏабасов, Халкъияб Собраниялъул, Ветеринарияб комитеталъул специалистал, магӏишатазул нухмалъулел. Рукӏана Москваялдаса, Петербургалдаса, Ставрополь краялдаса гьалбалги- гӏелмиялгун производствоялъулал хӏалтӏухъаби. 5.3 млн гӏанасеб (официалиял баяназда рекъон) гӏиги (гьеб рахъалъ Россиялъул киналго регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккола тӏоцебесеб бакӏ) цо миллион гӏанасеб чӏегӏербоцӏиги ругеб нилъер республикаялда, гӏи-боцӏухъанлъиялъул бугеб кӏварги, церечӏарал масъалабазул гӏатӏилъиги цӏикӏкӏун рехсечӏониги бичӏчӏула. Жакъа гьаниб тӏадчӏей гьабуна гьезул чангоялда. Исана ихдал магӏарухъе, риидалил мучӏдузде гочана цо миллионгун 229 азарго гӏи, гьелдаса 208 азарго автотранспорталдалъун. Гӏиял цо къадар риидал тана Ставрополь краялда, Калмыкиялда, Чачаналда. Гьеб суалалда хурхарал руго гьелда цадахъго раккулел цо-цо масъалаби. Тӏоцебе, гӏи гочинабулел нухазда сверухъ ккола лъугӏи гьечӏеб дагӏба-къец: жал бетӏергьанал ракьазги, гьезда тӏад ралел объектазги соналдаса соналде къварид гьабулеб буго гьезул гӏатӏилъи. Кӏиабизе, гӏемерал магӏишатаз цӏунулеб гьечӏо 1947 соналдаго чӏезабураб (жеги хисизабичӏеб) гӏодоблъиялда бихьизабураб заманалъул (1 октябрь — 1 май) низам. Гӏи къватӏибе бахъуна кватӏун, гьелда рекъон цӏикӏкӏуна ракьалда бугеб цуй, тохлъула гьелъул даража, захӏмалъула хасел тӏамиялъе хӏажатаб рагӏи-хер хӏадуризе. Лъабабизе, субсидиял, гьезда сверухъги ккана гӏезегӏан бахӏсал. Советияб заманалда, хадубккун 2012 соналде щвезегӏанги Кочубей зонаялдаса гӏи мугӏрузде рехулаан маххул нухдасан, вагоназда жаниб. Багьа (тарифал) цӏикӏкӏиналда бан, гьеб къагӏидаги тун, 2012 соналдаса нахъе байбихьана гьеб автотранспорталдалъун баччизе. Гӏиял цо бетӏер рикӏкӏун, гьелъул багьа бахунаан 120 гъуршиде, гьелъул 60 гъуруш кумек хӏисабалда (субсидия) пачалихъалъ нахъбуссинабулаан бетӏергьабазухъе. Ахираб лъабго соналда, бюджеталъул рес гӏоларого букӏиналъ, гьеб субсидия кьей тана. Гьелда цадахъго, цо чахъу-цӏцӏеялъе гьанжелъизегӏан кьолаан 100 гъуруш. Хӏисабалде босун буго, тӏасияб соналдаса байбихьун, республикаялъул бюджет къабул гьабун хадуб, гьеб субсидиялъул къадар цӏикӏкӏинабизе.\nГьанжелъизегӏан магӏарухъа гӏатӏиракьалде гочинабун буго цо миллионгун 220 азарго бетӏер гӏиял, гьелдаса автотранспорталда 183 азарго бетӏер. Гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьалда, гӏаммаб куцалда босун, исана хасел тӏамизе ккола миллионгун 546 азарго гӏияца, 220 азарго чӏегӏерхӏайваналъ, ва 3400 чоца. Гьеб къадаралъе къваригӏуна 430 азарго тонна рагӏи- хералъул. Гьелдаса, 20 ноябрала ругел баяназда рекъон, хӏадурун буго 201 азаргоялдаса дагьаб цӏикӏкӏараб тонна, гьеб ккола хӏажаталъул бащдалде бахинчӏеб къадар. Гьединлъидалги цо-цо магӏишатаз дагьаб халатбахъинабуна риидалил мучӏдузда заман. Гӏемерал магӏишатазул рахӏатхвезабулеб масъалалъун лъугьун буго гьитӏинаб гарцӏалъ ракьалда бижулебщиналъе гьабулеб кӏудияб заралги. Гьеб тӏибитӏулеб буго цӏакъ гӏатӏидго. Исана гьеб рещтӏараб ракьалъул гӏатӏилъи бахана 130 азарго гектаралде, амма гьелда данде 28 азарго гектаралда гурони загьру хӏалтӏизабун бажаричӏо. Бугеб хӏалалда разилъани, гарцӏалъ жеги эркенго бугеб ракьги хехаб хӏалалда талавур гьабизе букӏин хӏакъаб жо буго. Тӏасияб соналда гьеб балагьалдаса цӏуниялъе цебеккунго гӏарцил сурсатал хӏисабалде росун ругин баян кьуна министрас. Ветеринарияб комитеталъул специалистаз бицухъе, гьеб хъулухъалда тӏадал, гӏи-боцӏи унтабаздаса цӏуниялъе гӏуцӏарал тадбирал тӏуралел руго планалда рекъон, берцинаб хӏалалда. Гьезго киназдаго ракӏалдещвезабуна, цӏияб соналдаса байбихьун, кинабго гӏи-боцӏуе электронияб сертификат щвей тӏадаблъун букӏин. Гьелъие комитеталда рихьизарун руго хасал хӏалтӏухъаби. Халкъияб Собраниялъул вакилас рорхана цоги кӏвар бугел масъалаби. Тӏоцебесеб, гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьазул чӏванкъотӏараб статус гьечӏолъиялъ (гьеб бичӏчӏиялъулъ батӏи-батӏиял «кьерал» рукӏиналъ)гьарулел кӏвекӏенал. Бицана гьеб суал мухӏкан гьабиялда тӏад хӏалтӏи гьабулеб букӏинги. Кӏиабилеб, артезианазул, буругъазул хӏал. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьеб зонаялда буго ункъазаргогӏанасеб лъел буругъ, гьезул 40% буго къуват лъугӏараб, цӏигьабизе ккараб. Хӏалтӏулез къватӏибе кьолеб лъимги буго даража чучлъараб, химиялъулаб жубаялъ инсанасул сахлъиялъе зарал кьезе рес бугеб. Гьес бичӏчӏизабуна, суал кӏвар кьечӏого тани, хадубккун гьелъ захӏматал хӏасилазде рачине бегьулеблъи. Министрас абуна, буругъазул иш тӏубаялъе гӏоло, 2018 соналда Федералияб программаялда гьоркьоре лъугьине хӏаракат бахъулеб бугилан. Гьенибго бицана рагӏи-хералъул стратегияб нахърател чӏезабиялъе цо цо хасал магӏишатазе (ГУПал) гьабизе бугеб квербакъиялъул хӏакъалъулъги. Магӏишатазул нухмалъулез рорхана киназего гӏаммал, мисалалъе, техника херлъун букӏиналъул, цӏияб босизе гьечӏеб ресалъул хӏакъалъулъ суалалги.\nКиналъулго хӏасил гьабун, абизе бегьула тӏадегӏанаб хӏалуциналда цадахъго пайдаяб куцалда анин данделъийилан.\nГӏезабуна, сверизабуна, бичана\nГьелдаса хадуб вице-премьерги, министрги, гьезда цадахъ ругелги щвана Нугъай районалъул Терекли-Мектеб росдада аскӏоб бугеб «Агросоюз» СПОКалъул (гӏаммал магӏишатазул тайпа) гьанае боцӏи хьихьулеб комплексалде ва тӏом-къехь къачӏалеб, сверизабулеб цехалде. СПОКалъул буго гӏатӏидаб ракь, гьелъул цо бутӏаялда тӏасияб соналда рекьизехъин руго могьолал культураби, люцерна. Гьениб буго тайпадулаб боцӏи гьанае хьихьулеб ферма-комплекс, къасабхана, тӏадегӏанаб даражаялда тӏом-къехь къачӏалеб цех. Тӏом-къехь къабул гьабула гӏадамазухъа, буго жидергоги. Сибиралдаса гьенибе бачӏунеб буго ритӏучӏил тӏомги. Гьенир къачӏарал, Турциялда релъарал гьезул лакайдул хӏажалъи нилъер гьаниб гуреб (хьитазе, ратӏлие ва цогидалъе) буго Германиялдацин (Мерседес ва БМВ автомашинабазул салоназе). Гьазул гьан босула Ираналъги, нилъер гьанибалдаса хираго, 350 гъуршиде кило гьабун. Гьенив хӏалтӏулев вуго Турциялдаса специалист, гьеб масъала бигьаяб гьечӏониги, Ираналъулгун Турциялъул бухьенал гӏатӏид гьариялда тӏадги, хӏалтӏулел руго гьал. Къокъ гьабун абуни, СПОКалъул хӏалтӏул буго тӏубараб, дандещвараб цикл: гӏезаби, сверизаби, бичи. Министрас бицаралда рекъон, исана, конкурсалдаги бергьун, «Агросоюзалъе» щвана 43 млн гъуруш грант. Гьадинал, хӏакъикъаталдаги хӏалтӏулел магӏишатазе кумек гьабизе кидаго хӏадурав вугин живан тӏадеги жубана гьес. Живгоги, школа лъугӏун хадув, вехьлъунги хӏалтӏарав, гӏезегӏан соназ совхозалъул директорлъунги вукӏарав, росдал магӏишаталъул хӏалтӏул тӏагӏамги гижиндаго лъарав Гӏабасовас, кӏвар кьуна дида битӏараблъун бихьараб кӏиго хӏужаялде:\n1. Советияб заманалда районазул росдал магӏишаталъул управлениял рукӏана Росдал магӏишаталъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, гьабсагӏаталда гьел руго райадминистрациязулъ. Хӏалтӏул низам цӏуниялъеги, гьелъул даража борхизабиялъеги битӏараблъун букӏина гьел министерствоялде нахъруссинаруни.\n2. Тӏасияб соналъул май моцӏалда Кочубеялда тӏобитӏизе буго Вехьасул къо.\nТӏагӏунгеги боцӏухъабазул гӏумруялъулъги Байрам.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "641-chivadnazul-umumuzul-l-alki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=641-chivadnazul-umumuzul-l-alki", "title": "Чӏвадназулъ — умумузул лъалкӏ", "date": "2017-12-08 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб ДРялъул Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Басриял росаби – тӏагӏунеб маданият» абураб суратазул выставка\nВыставка гӏуцӏана «Дагъистаналъул росу» абураб этнографиялъул комплексалъги, Миллияб библиотекаялъги, Республикаялъул культурияб нахърател цӏуниялъул агентствоялъги, РАНалъул ДНЦялъул Мацӏалъулги, адабияталъулги, искусствоялъул институталъги.\nБиблиотекаялда цебелъун буго 65 росдал тарихияб сурат. Гьезда рихьула гӏадамалги гочинарун хутӏарал республикаялъул росабиги. Выставка букӏине буго 17 декабралде щвезегӏан.\nВыставка рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана республикаялъул министерствабазулги ведомствабазулги вакилзаби. «Дагъистаналъул росу» этнокомплексалъул директорасул заместитель Татьяна Петениналъ баркала кьуна гьалбадерие. Гьелъ абуна гьединаб чанго выставка гӏуцӏизе ракӏалда бугин. Масала, хӏадурулеб буго «Мугӏрузул лъимал» абураб выставка. Гьелда кӏварбуссинабизе буго гӏадамазде.\n«Некӏсиял росабазулгун лъай-хъвай гьаби ккола выставкаялъул аслияб мурад. Гьениб букӏана щвараб гӏор гӏадин чвахулеб гӏумру. Батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, гӏадамалги гочун, бесдалго хутӏарал росаби дагь-дагьккун ракьалдасаго тӏагӏунел руго. Цадахъго тӏагӏунел руго миллаталъул маданияталъул гъаталги. Суратазда рихьулел росабазул бакӏалда жакъа хутӏун руго чӏваднал. Гьелги щущан унел руго. Нилъ махӏрумлъулел руго архитектураялъулги, гамачӏ бикӏиялъулги, рукъалъул къайи-алаталъулги, хобалазул заназулги памятниказул бечелъиялдаса», – ян бицана Петениналъ.\nРеспубликаялъул культурияб нахърател цӏуниялъул агентствоялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Заур Кагьримановас абуна, гьединал выставкаби гӏемер тӏоритӏиялде хьул бугин. «Нилъер республика ккола къанагӏатаб бакӏ. Культурияб нахъраталил объектал гӏемерал Россиялъул регионазда гьоркьобе уна Дагъистанги. Гьаниб буго 6,5 азарго гьединаб бакӏ. гьезда гьоркьоса 2000 ккола федералияб кӏваралъулаблъун. Россиялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, гьел бакӏал росун руго информациялъул цогояб реестралде. Гӏемерисел нилъер росаби рикӏкӏуна тарихияллъун. Гьел цӏунизе хӏаракат гьабизе тӏадаб буго нилъеда», – ян бицана Кагьримановас."}
{"slug": "642-bibliotekabi-dagl-un-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=642-bibliotekabi-dagl-un-rugo", "title": "Библиотекаби дагьлъун руго", "date": "2017-12-08 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Махӏачхъалаялъул Лъай камил гьабиялъул централда (МЦПК) тӏобитӏана данделъи\n«Лъайкьей ва гражданияб жамгӏият» абураб цӏаралда гъоркь гӏуцӏараб данделъиялда гӏахьаллъана школазул директорзабиги, преподавателалги, пачалихъиял идарабазул вакилзабиги. Гьениб бицана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулги, педагогазулги цӏалдохъабазулги бухьенал гьариялъул къагӏидабазулги, гражданияб жамгӏият гӏуцӏиялъе хӏажалъулел шартӏазулги хӏакъалъулъ.\nДанделъи нухда бачана МЦПКялъул директор Галина Исмагӏиловалъ. Гьелъ ракӏалдещвезаруна, лъайкьеялъул къадруялда ва педагогазе кьолел харжазда бан, машгьурал гӏалимзабаз абурал рагӏаби.\nМЦПКялъул советалъул председатель Мухӏамад Абакаровасул саламалъул хитӏаб цӏалана гьесул заместитель Эдуард Эмировас. Гьелда бицунеб букӏана инсанасул гӏумруялда лъайкьеялъ кколеб бакӏалъул хӏакъалъулъ.\nКаспийскалъул №3 СОШалъул педагог-гӏуцӏарухъан Залму Гӏабдулпазлуевалъ кӏварбуссинабуна цӏалдохъабазе тарбия кьеялде. Гьелъ абуна, Махӏачхъалаялъул школазда гьабсагӏаталда гьечӏин тарбиякьеялъул рахъалъ директорасул заместитель. Гьеб хӏалтӏи гьабизе кколеб буго педагог-гӏуцӏарухъанас.\nДРялъул Музыкантазул союзалъул председатель Хан Башировас бицана, цӏалдохъабазул гӏаммаб цебетӏеялъе квербакъулин концертаздеги, спектакляздеги, выставкабаздеги гьарурал сапараз. «Нилъер руго пагьмуял лъимал. Дагьалъ цебе нижеца кьуна «Махӏачхъалаялъул гӏисинал цӏваби» абураб къецалда чӏел босарал лъималазе шапакъатал. Гьединал къецазда гӏахьаллъарал лъимал мекъаб нухде ккеларо», — ян пикру загьир гьабуна гьес.\nРасул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялъул директорасул заместитель Сарат Жабрагӏиловалъ бицана музыкалиял школазулги библиотекабазулги къадру гӏодобе кколеб бугилан. «Музыкалияб школалде цӏализе ине щоларого рукӏунаан цере. Вузалде цӏализе инего бигьа букӏана. Гьанже иш гӏаксалда буго. Гьединабго хӏал буго библиотекабазулги. Дагъистаналда букӏана 1045 библиотека. Гьанже гьел дагьлъун руго. Дагьлъулеб буго библиотекаялде хьвадулел гӏолилазул къадарги», — ян абуна гьелъ.\n***\nСтипендияги цӏикӏкӏина\nФедералияб министерствоялъ халгьабуна вузазул\nнухмалъулезе щолел харжазул\n2017 соналъул декабралда преподавательзабазул моцӏрол харжал цӏикӏкӏинаризе ракӏалда буго РФялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда. Гьелде биччазе буго 2,2 млрд гъурушан бицана Россиялъул Халкъазул гьудуллъиялъул университеталда тӏобитӏараб данделъиялда федералияй министр Ольга Васильевалъ. Гьелде тӏадеги, 2018 соналда хисизе буго студентазе кьолеб стипендиялъул роценги. «Тӏоцебесеб сентябралдаса нахъе стипендия цӏикӏкӏинабизе буго ункъо проценталъ. Кьезе буго капиталияб ремонталъеги хӏажатаб оборудование босизеги 13,7 млрд гъуруш. Общежитиял разе бихьизабун буго 3,9 млрд гъурушги», — ян бицана Ольга Васильевалъ.\nМинистралъ бицана, цо-цо вузазда ратун ругин преподавателазул харжал цӏикӏкӏинариялъе ресал. Гьелдаса пайдаги босун, цӏикӏкӏинабулеб бугин ректоразулги университеталъул нухмалъиялде гӏагарал чагӏазулги харжал. Гьединал къагӏидаби тӏатинарунила министерствоялъин абуна гьелъ. «Гьединаб щибаб вузги нижеда лъала, гьезул ректоралги ахӏизе руго гара-чӏвариялъе», — ян лъазабуна Васильевалъ. «Нужер хӏалтӏухъабазе 35-45 азарго гъуруш моцӏрое щолеб мехалда, нуж нечезе ккелаан, 700 азарго гъуруш нужеего чӏезабизе», — ян бадибчӏвайги гьабуна гьелъ ректоразе."}
{"slug": "650-dagaldasa-bajbikhila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=650-dagaldasa-bajbikhila", "title": "Дагьалдаса байбихьила", "date": "2017-12-08 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏоцебесеб гали тӏамулес, кӏиго соналъ налог кьезе кколаро\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялде цӏалдолез ритӏун рачӏарал кагътазда цӏехолеб буго: «Индивидуалияб предпринимательлъиялъул (ИП) цогидаб бизнесалдаса щиб батӏалъи бугеб? Гьеб рагьизе ккани, гӏемераб гӏарац кьезе кколин ва битӏахъе налогаз гъанкъулин абула. Гьелъул хӏакъалъулъ газеталда хъвани, бизнесалде байбихьизе бокьарал чагӏазе кумек букӏинаан», — илан.\nГьеб масъалаялда тӏасан дица гара-чӏвари гьабуна ДРялъул гьитӏинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул председатель Руслан Мухӏамадовасулгун.\n— Руслан, индивидуалияб предпринимательлъи (ИП) сунда абулеб?\n— РФялъул законалда рекъон, ИП ккола юридикияб гьумер гӏуцӏичӏого гьабулеб предпринимательлъи, ай жалго бетӏергьанаб гьитӏинаб бизнес. Гьелъул кӏвар бугеб хаслъилъун ккола, щиб кканиги, жиндирго буголъиялъул жаваб живго хважаинас кьезе кколеб букӏин.\n— ИПялъул хъвай-хъвагӏай киб гьабулеб, гьеб масъала тӏубазабулаго кигӏан заман ва харж унеб?\n— ИПялъул хӏалтӏи гӏуцӏизе кколеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ мухӏканго хъван буго N 129-ФЗ «О государственной регистрации юридических лиц и индивидуальных предпринимателей» абураб РФялъул федералияб законалда ва РФялъул гражданияб кодексалда. Гьезда рекъон, ИПялъул хъвай-хъвагӏай гьабизе бегьула гӏумру гьабун вугеб бакӏалъул МФЦялда яги налогазул инспекциялда. Гьенирго кьола къваригӏунел документазул сияхӏ, кумек гьабула гьел цӏезе ва хъвай-хъваялъул хӏалтӏи лъабго къойил болжалалда тӏубазабула. Цогидаб бизнес гьабулаго тӏалаб гьабулеб къагӏидаялъ нотариусалда документал тасдикъ гьари ИПялъе къваригӏунаро. Пачалихъияб пошлина абун кьезе ккола 800 гъуруш.\n— Лъил ихтияр букӏунеб ИП рагьизе?\n— РФялъул щивав гражданинасул ихтияр букӏуна гьединаб бизнес гьабизе, гьелъие хӏукуматалъ кумекги гьабула.\n— ИП рагьулаго, ветераназе ва инвалидазе пачалихъалъул рахъалдасан кинабгӏаги кумек букӏунищ?\n— Гьеб рахъалъ ветераназе ва инвалидазе кинабгӏаги бигьалъи бихьизабун гьечӏо. Амма гьеб бизнесалъул хважаинас инвалидал хӏалтӏуде росани, гьес хӏукуматалъе кьезе кколеб налог 30 проценталъ дагь гьабула.\n— ИПялъ лъагӏалида жаниб кигӏан налог кьезе кколеб?\n— Цебеккунго гьадигӏанаб хайир щвезе бугин абун, лъагӏалида жаниб цо нухалъ кьола налог. Щибаб шагьаралда ва районалда гьелъул къадарги батӏи-батӏияб букӏуна. Буго «Упрощенная система» абун налог босулеб къагӏидаги. Гьеб буго гьитӏинаб бизнесалда ругел чагӏазе хӏукуматалъ гьабулеб кумек, гьелъул аслиял гӏаламатал ккола цӏакъго гӏадатияб хӏисаб гьаби ва кьей, гьединго чара гьечӏого кьезе кколеб чанго налогалъул бакӏалда цо налог кьезе бегьулеб букӏин.\nЩолеб хайиралъухъ балагьичӏого, ИП рагьарасда тӏадаб буго социалиял фондазде чӏезабураб къадаралда гӏарац кьезе. 2014 соналда кьезе кколаан 20727 гъуруш, 2015 соналда — 22261 гъуруш, 2017 соналда – 23400 гъуруш. Фермераз кьезе ккола росдал магӏишаталъул цогояб налог.\n— ИП къазе бокьани, щиб гьабизе кколеб?\n— Кредиторазул тӏалабал тӏуразарун бажарулеб гьечӏони, ИП банкротлъун рикӏкӏуна. Гьеб тадбир тӏубазабула Арбитражияб судалъ. Гьеб хӏукму къуваталде лъугьаралдаса нахъе, ИП вугилан абун гьабураб хъвай-хъвагӏаялъул къуват хола.\nИП банкротлъун рикӏкӏейилан гӏарза кьезе бегьула живго индивидуалияв предпринимателас, кредиторас яги гьесул вакилас.\n— Къваригӏани, малъа-хъваялъулаб кумек лъица гьабулеб?\n— Буго республикаялъул предпринимателазе чӏобого юридикияб ва финансалъулаб консультативияб кумек гьабулеб агентство. Гьелъул вакилзаби руго щибаб шагьаралда ва районалда.\n— Гӏолохъабазе гьабулеб кумекго букӏунищ?\n— Тӏоцебе бизнесалде байбихьулев предприниматель кӏиго соналъ налогаздаса эркен гьавула. Лъикӏал хӏасилал рихьизаруни, гьесие рес буго гӏарцулаб грант щвезеги. Кредит босиялъеги бигьалъи гьабун буго. Гьеб мурадалда, бизнес-планги босун ине ккола Россельхозбанкалде. Рес буго лизингалъулаб компаниялдаса техника тӏалаб гьабизеги.\n— Руслан, гӏолохъанал, бизнесалъе жеги хӏалбихьи гьечӏезе щиб гӏакълу дуца кьелеб?\n— Хӏалбихьи щвеялъе, байбихьизе ккола гьитӏинаб, чӏахӏиял харжал унареб бизнесалдаса, хӏасил кколеб бугони, гьеб кӏодогьабизе бегьула. Цебе гӏадин, гьанже щибаб къоялъ рачӏунел халгьабулел чагӏиги рукӏунаро. ИПялъе квалквал гьабулеб бугони, гӏарзаги хъван, нижехъе рачӏа. Нижер профсоюзалъ цӏунула гьезул закониял ихтиярал.\n— Заманалъулаб хъвай-хъвагӏаялда рекъон, ИПялъул хъвай-хъвагӏай гьабизе бегьулищ?\n— Хъвай-хъвагӏай гьабула гӏумру гьабун вугеб адресалда рекъон, паспорталда «заманалъулаб» абун хъвай-хъвагӏай букӏинеги бегьула. Хъвай-хъвагӏай бугеб бакӏалъухъ балагьичӏого, хӏалтӏи гӏуцӏизе ихтияр букӏуна РФялъул бокьараб шагьаралда ва районалда.\n— ИП рагьарасул ихтияр бугищ, живго жинцаго хӏалтӏуде восанилан, хъвай-хъвагӏай гьабизе ва жиндиего захӏматалъулаб книжка цӏезе?\n— Предприниматель хӏалтӏухъанлъун рикӏкӏунаро ва захӏматалъулаб книжкаялда хъвай-хъвагӏаялги гьаруларо. Хӏалтӏулев вугин абун хъвай-хъвагӏай гьабуни, гьес жинцаго жиндиргогун захӏматалъулаб къотӏи-къайги, захӏматалъулаб книжкаялда хъвай-хъвагӏайги гьабизе ккола, хӏалтӏухъан хӏисабалда, налогалги кьезе ккола. Гьеб буго магӏнаги хайирги гьечӏеб иш.\n— ИПялъул цӏар букӏине бегьулищ?\n— Ихтияр букӏуна ИПялъе чӏобого бокьараб цӏар кьезе. Документазда ва нуцӏида бараб табличкаялда къваригӏуна ИПялъул цӏар. Гьединго хъвай-хъвагӏай гьабизе бегьула къайиялъулги (товарный знак).\n— Хӏалтӏул стаж букӏунищ?\n— Хайир щолеб букӏин-букӏунгутӏи цӏехечӏого, ИП рагьараб къоялдаса нахъе гьеб къазегӏан, предпринимателасе пенсиялъул стаж рикӏкӏуна.\n— ИП бугони, цогидаб бакӏалда хӏалтӏизе ихтияр букӏунищ?\n— Букӏуна. Тӏадежоялъе, дур бизнес бугин хӏалтӏуда бицине бегьула. Налогазе кьезе кколеб гӏарцул къадаралъе гьелъ кинабгӏаги асар гьабуларо.\nНури Нуриев"}
{"slug": "651-khamiz-khekhab-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=651-khamiz-khekhab-kumek", "title": "Хамиз – «хехаб кумек»", "date": "2017-12-08 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Кверал меседилай, калам гьуинай\n«Лъикӏав чиясул лъикӏлъи ралъдалъ бугеб ччугӏиеги щола», — ян абураб кициялъул магӏна тӏубанго бичӏчӏана дида, «Талги» санаториялда хӏалтӏулей медсестра Сагӏидова Хамизилгун лъай-хъвай ккедал. Гьей ккола Шамил районалъул Гьолокь росулъа рагъул ветеран Расул Гӏумаровасул щуго васги цо ясги йигеб кӏудияб хъизамалда тарбия щварай яс. Лъимерлъиялдасаго гьей йикӏана жигарай, сундулъго цее йикӏине хӏаракат бахъулей гӏадан. Гьединабго жигарчилъи бихьизабуна Хамизица Гъизляралъул медучилищеялда цӏалулагоги: цӏалана ункъил ва щуйил къиматазда, нухмалъи гьабуна «Гурхӏел-рахӏмуялъул клубалъе», гӏахьаллъулаан спортивиял къецазда. Лъабго соналъ хъулухъ гьабуна лъимал гьечӏел, жалго жидецаго тӏубан бажаруларел херал чагӏазе. Масала, гьелъ хъулухъ гьабулаан захӏматалъул фронталъул гӏахьалчӏужу Ялинова Валентинае. Хамизица абуна, эбелалъулги ясалъулги гӏадаб гьуинлъиги хинлъиги букӏанила жидеда гьоркьоб, гьелъ малъанила жинда ретӏел букъизеги квен гьабизеги, тӏадежоялъе медсестралъиялъул хӏалтӏул лъикӏаб хӏалбихьиги щванила.\nМедсестралъун Хамиз хӏалтӏана Гьолокь росдал консерваби гьарулеб заводалда. Гьениб чанги кколаан хӏалтӏухъабазе жагъаллъи ккарал лъугьа-бахъинал. Йиххичӏого, хӏинкъичӏого, гӏолохъанай медсестраялъ унтаразе махщалида гьабулаан тӏоцебесеб медицинаялъулаб кумек. Хадуй медсестралъун хӏалтӏизе ячана Гьолокь росдал участковияб больницаялде. Гьеб хӏалтӏуда цадахъго гьелъ бачунаан рукъарулеб цехалъул начальникасул хъулухъги. Гӏолохъанал ясал ругьун гьарулаан рукъаризе, хьухьаризе ва угьаризе. Гьелъул хӏалтӏуе къимат кьолеб цо мисал бачина. Доб букӏана 1993 сон. Гӏемераб мех букӏана Хамизил вукӏарав учитель Гӏалихӏажиев Хӏажисул чакрил унтиялъ кӏвекӏулев вугелдаса. Къаси кватӏараб гӏужалъ ахӏун бачӏана гьев захӏматго вугилан. Жиндир заманалда гьабураб кумекалъул хӏасилалда, унтарав хвасар гьавизе кӏвана. 1999 соналдаса нахъе Хамиз медсестралъун хӏалтӏана республикаялъул консультативияб поликлиникаялда, ЛОР ва нефрология отделениязда.\nХӏеренаб каламалалдалъун, берцинаб рагӏудалъун гьабула Хамизица унтаразе хъулухъ. Гьелъги батила, кӏиабилеб нухалъ гьей хӏалтӏулеб отделениялде вачӏарав унтарас: «Хамиз йигищ?» — абун гьикъулеб.\n«Талги» санаториялде хӏалтӏизе лъугьиналъул хӏакъалъулъ гьелъ гьадин бицана: «Хасаб операция тӏобитӏулаго, тӏубанго щущазабун батана нижер мина. Цӏидасан гьеб балаго, гьабизе ккараб захӏматаб хӏалтӏиялъ илагьиялдаса инабуна дир мугъзал гьод. Захӏматго гурони хьвадизе кӏолароан, гьодил унти хӏехьезе кӏвеялдаса ун букӏана. Киналгӏаги дарабазул пайда ккечӏо. Лъалел чагӏаз гӏакълу кьуна «Талги» санаториялда бугеб даруяб лъел хӏалбихьизе айилан. Гьениб цо курс гьабун хадуб, саламатаб мадар лъугьана.\nЛъагӏалидасан унтана наку, гьебги добго даруяб лъеда гурони сахгьабизе кӏвечӏо. Дун налъулай йиго гьаб санаториялъе. Дие бокьана, дунго гӏадин, захӏматго унтарал чагӏи сах гьарулеб санаториялда хӏалтӏизе. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Ралъад бихьизе анищалда вукӏарав Нижний Новгородалдаса 17 сон барав гӏолилав Малик Ахӏмадов Махӏачхъалаялде вачӏун вуго. Гипсалъулъ жиндирго квер букӏиналъухъ балагьичӏого, гьес ралъдалъ гъанкъулей йикӏарай яс хвасар гьаюна. Гӏемераб мехалъ лъеда гъоркь хутӏарав Малик, хӏалалъ хвасар гьавун вуго. Гьелдаса хадуб, вилълъанхъизе кӏоларого вукӏун, гьабичӏеб даруги, Китаялде гӏунтӏун, щвечӏеб бакӏги хутӏун гьечӏо, амма щибго хӏасил ккун гьечӏо. Гьабизе жо тӏагӏарал эбел-инсуца гьев Талгиялде вачун вачӏана. Добго сероводородалъул ваннабаз гьев бохдузда эхетизавуна».\nЖинцаго харжалги гьарун, Хамизица санаториялда унтаразе ракӏгъеялъе тӏоритӏула батӏи-батӏиял байрамал, машгьурал чагӏазулгун дандчӏваял, херал чагӏи рохизарула, суратал рахъун ва чӏорого гьел рикьун.\nГьакьал руго ахихъаби. Гьелъги батила, кий йигониги, Хамизица, жиндирго харжазда жийго хӏалтӏулеб бакӏалъул минаялда сверухъ бугеб ракь тӏугьдуз, хъархъаз ва гӏурччинлъиялъ берцин гьабулеб.\nГӏадамазда жий йичӏчӏулей гьечӏила, баркала кьолареб хӏалтӏи бугилан абун, бадирчӏваял гьарулелги камуларилан бицана Хамизица. Жиндие бокьун бугила дунго гӏадин унтун, гӏумруялдаса ракӏбуссун бугел чагӏазе кумек гьабизе, гьел сахгьаризе бажарулеб санатория Дагъистаналда букӏиналъул хӏакъалъулъ бицине.\nЛъикӏлъи гьабурасе баркала кьейги мухьалда бащалъулаян абураб кициялъухъего, Хамизие баркала кьун гьарурал гӏемерал хъвай-хъвагӏаял руго санаториялъул хасаб тӏехьалда. Киналго унтараз гьелда загьир гьарурал пикраби гъорлъ рессун руго Чӏиркъатӏаса Гӏалиева Патӏиматил гьал жугьабазулъ:\nКверал меседил руго,\nКалам гьуинаб буго,\nЖийго накӏкӏигъветӏ гӏадай, —\nХамиз, мун, супер йиго.\nХамизил мадугьалзабазги гьелъул гӏагаразги абула гьей йигила Аллагьас ракьалда гӏадамазе лъикӏлъиялъе йижарай гӏадан, гьей йигила жидер «хехаб кумек».\nХамизица абула, щиб кканиги, киве кканиги, медицинаялъул хӏалтӏухъан хӏадурго вукӏине кколила унтарасе кумек гьабизе. Жинцаго гьеб борч тӏубазабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ бицунеб цо мисалги бачина. Росулъе унаго, гьелда Махӏачхъалаялдаса рикӏкӏад гьечӏеб шагьранухда автоавария ккун батана. Захӏматго лъукъарав чи вугилан ахӏи-хӏуралда ругоан гӏадамал. Машинаги чӏезабун, Хамиз лъукъарасда аскӏое ана ва, хехаб кумек тӏаде щвезегӏан, аскӏоса кьуричӏо.\nНури Нуриев"}
{"slug": "652-bukiineseb-bugodaj-rosdal-shkolal-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=652-bukiineseb-bugodaj-rosdal-shkolal-ul", "title": "Букӏинесеб бугодай росдал школалъул?", "date": "2017-12-11 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Басралъараблъун ва хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏараб Хъебалъ росдал школалда цӏалулев вуго 80 цӏалдохъан\nЩуабилеб декабралда тахшагьаралъул аслияб майданалде вахъана Хъебалъ росулъа Рамазан Гӏабдулкаримов. Гьесда кодор рукӏана росдал школалъул сураталги игӏланги. Рамазаница тӏалаб гьабулеб букӏана ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасулгун дандчӏвай. Росулъ бугеб басрияб школалъул бакӏалда цӏияб базеги кьучӏдасанго лъималазул ах къачӏазеги къваригӏун бугин абулеб букӏана гьес.\nХъебалъ росдал школа бан букӏана 50-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе. Гьениб бугеб хӏалалалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана нижее 15 соналъ завучлъунги ичӏго соналъ директорлъунги хӏалтӏарав Гӏумар Халитовас: «Нижер школалъул буго кӏитӏалаяб мина. Гьенив хӏалтӏулев вуго 25 учитель. Киназулго буго тӏадегӏанаб лъай. Школалда цӏалулев вукӏана 120 цӏалдохъан. Школалъул мина биххиялъул хӏинкъи бугинги абун, цо-цо цӏалдохъаби Агъвали росдал школа-интернаталдеги, гӏатӏиракьалда ругел гӏагарлъиялъухъеги щвезаруна эбел-инсуца. Школалда хутӏун вуго 80-гӏанасев цӏалдохъан. Школа къани, росу биххула – гьеб гьедин букӏин бихьулебги буго. Гьединлъидал, районалъул нухмалъиялъги республикаялъул идарабазги цӏияб школа базе ресал ратани, цӏакъ баракатаб иш букӏинаан гьеб.\nШколалъул тӏоцебесеб тӏала бан буго ганчӏил. Кӏиабилеб – хъорщол. Дун школалъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулагоги рукӏана хинлъиялъулги, хӏинкъигьечӏолъиялъулги, цогидалги масъалаби. Школалъул гьечӏо жанахӏ – переменаялъул заманалда расандизе санагӏатаб азбар гьечӏел лъимал рескъотӏараб хӏалалда рукӏуна. Гьечӏо киналго цӏалдохъаби цадахъ ракӏарун, тадбир тӏобитӏизе бегьулеб класс, данделъабазул зал. Гӏолел гьечӏо классазе кабинетал. Гьечӏо школа гӏатӏид гьабизе, ай тӏадеги кабинетал разе бакӏги – мадугьалихъ ругел минабаздаги школалдаги гьоркьоб буго 1,5-2 метргӏанасеб бакӏ. Гьединлъидал школалъул азбарги сверун къан бажаруларо. Школалде рачӏунел цӏалдохъаби, хӏарщул цӏурал хьиталгун, битӏахъего классазда жанире щола.\nДун директорлъун вугеб мехалда, школа къачӏаялъе абун, кьолаан 10-15-20 азарго гъуруш. 2007 соналда кьун букӏана 100 азарго гъуруш. Гьелъухъ тӏубанго хисана тӏох. Цӏад бараб заманалда тӏох гӏеккон, классазда жанибе чвахулаан лъим. Гьелдаса хадуб кьун букӏана 200 азарго гъуруш. Гьелъухъ къачӏана кӏиабилеб тӏалаялъул къадал. Хъорщол къадал ругелъул, гьоркьоб лъуна стекловата, минералияб квасквас. Дагьабниги хинлъи чӏезабун бажарана. Нижеда лъазабун букӏана, школалда видеохалгьаби букӏине кколин. Сундухъ гьеб гьабилеб? Гӏарац кьечӏо.\nШкола базе цӏакъ санагӏатаб бакӏ буго росулъ. Гьарун руго гьелъие документалги. Гьел кьун руго районалъул МФЦялде. Амма жеги хӏадурун гьечӏо школалъул проектги сметаги. Гьеб бакӏалда росуцояз гьабун буго волейбол хӏазе майданги. Спортзалги гьечӏелъул, гьенир гӏуцӏула росдал гӏолохъабазул спорталъул къецал.\nРосулъе букӏинчӏо машинадул нух. Гъоркьиса, Цӏумада районалдаса «Цӏумадисезул ДЭП №40» ОАОялъул директор Ахӏмад Давудовасул хӏаракаталдалъун, росулъе бахъана лъикӏаб шагьранух. Нух бахъиялъе росдал жамагӏаталъ бакӏарана цо миллионгӏан гъуруш. Школа базе хӏажатаб къайи росулъе баччиялъе бигьалъи букӏина гьанже».\nДРялъул прокуратураялъ гъоркьиса Хъебалъ росдал школалъул мина рикӏкӏана хӏинкъи бугеблъун ва районалъул бетӏерасухъе битӏана цӏалдохъабазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏеб бакӏалда гьезул цӏали гӏуцӏеян хъвараб хитӏаб. Амма Лъаратӏа районалъул судалъ гьабуна батӏияб хӏукму. Гьелда рекъон, тӏоцебесеб тӏалаялда дарсал кьезе бегьулеб хӏал гьечӏониги, кӏиабилеб тӏалаялда гьелъие щибго къварилъи гьечӏин. Школалъул администрациялъ гьениб гӏуцӏана кӏиго сменаялъул цӏалиги.\nРехсараб школалда цӏалулев вуго Рамазан Гӏабдулкаримовасул кӏиго васги. Гьес бицухъе, школалда руго цӏулал бакӏалги, рек-рекарал партабиги, болъабазул бакӏалда лъун руго хӏухьдулги. Мина биххизе бегьула бокьараб заманалда, гьединлъидал переменаялъул заманалда лъималазе гьукъун буго рекерахъдизе. Классазда хинлъи чӏезабизе ракула печал ва цӏалдохъаби гӏодор чӏола, рокъоса росарал къандалъабиги гъоркь лъун. Школалъул гьечӏо хӏажатханаги, спортзалги, богорукъги. Байбихьул школалъул цӏалдохъабазе квен кьола мадугьалихъ бугеб минаялъуб – гьеб босун буго ижараялъе. Сверун къан гьечӏо школалъул азбарги – гьенир эркенго тира-сверулел рукӏуна гӏачи-бачалги хӏамулги.\n«Анкьго соналъ хьвадулев вуго дун, цӏияб школа базе кумек гьарун. Хитӏабал гьаруна республикаялъул батӏи-батӏиял идарабаздеги. Киса-кибго кьола цо жаваб: гӏарац гьечӏо. Цӏунтӏа районалъул бетӏерас абулеб буго, гьеб иш жиндир цӏобалде кколарин», — ан бицана Рамазан Гӏабдулкаримовас.\nМайданалде вачӏарав Гӏабдулкаримовгун дандчӏвана ДРялъул лъайкьеялъул министрасул заместитель Темирхан Халилов. Гьес рагӏи кьуна, тӏасияб соналда разе ругел школазул сияхӏалде босизе Хъебалъ росулъ школа баялъул суалги.\nРамазан Гӏабдулкаримовасда ракӏалда буго, гӏагараб заманалда жиндир тӏалабал тӏуразе байбихьичӏони, Пятигорскалда, РФялъул президентасул вакиллъиялда цеве кодоб добго игӏлангун эхетизе.\nХъебалъ росдал школалда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ ихдал бицун букӏана НТВ-каналалъул журналистазги. Нижецаги хъван букӏана гьелъул хӏакъалъулъ. Школалда дарсал кьезе гьукъун букӏана прокуратураялъ. Прокуратураялъул хӏукмуялда хъван букӏана, цӏалдохъабазе дарсал кьезе санагӏатаб бакӏ батеян, ай цӏалдохъабазулги гьезул учительзабазулги гӏумруялъе хӏинкъигьечӏолъи чӏезабеян. Доб мехалда ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповас лъазабун букӏана, хӏакъикъат баян гьабеян. Цӏунтӏа районалъул бетӏер Пахрудин Мухӏамадиновасги районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Къурбановасги нижеда бицун букӏана, районалъул анлъго росдал школалда бугин гьединабго хӏал.\nЦӏиял школалги ралел гьечӏони, мадугьалихъ росабазул школазде цӏализе лъимал ритӏизе умумулги разилъулел ратичӏони, масъала тӏубаялъе кинал ресал ратизе бегьулебали, лъаларо. Гӏемерал соназ тӏурачӏого тарал масъалаби руго Цӏунтӏа районалъул: гьечӏо санагӏатал нухал, больницаби, хехаб кумекалъул машинаби. Анцӏ-анцӏ соназ республикаялъул нухмалъиялъ рехун тараб районалъул гӏадамазул сабру тӏагӏиналда гӏажаиблъизеги бачӏунаро.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "658-tokhtur-teze-kkola-tokhturl-igi-gabun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=658-tokhtur-teze-kkola-tokhturl-igi-gabun", "title": "Тохтур тезе ккола тохтурлъиги гьабун", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Жиндир заманалда тӏатинабуни, сахгьабизе кӏолареб унти букӏунаро\nМахӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалда бугеб шагьаралъул тӏоцебесеб больницаялда буго республикаялъулаб кӏваралъул колопроктологиялъул отделение. Гьединаб хаслъизабураб отделение Дагъистаналъул цониги больницаялда гьечӏо. Отделение рагьараб 2006 соналдаса нахъе гьенив хирурглъун хӏалтӏулев вуго Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏаса Хангерей Гӏабдулмажидов.\nОтделениялъул хӏалтӏул, гьенир сахгьарулел унтабазул, гӏаммаб къагӏидаялда сахлъи цӏуниялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Х. Гӏабдулмажидовасулгун.\n— Цӏалдолезда бичӏчӏизе ва лъазе бокьилаан нужер отделениялъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ кинал унтаби гьенир сахгьарулелали?\n— Бичӏчӏуледухъ абуни, колопроктология ккола чехь-бакьалда хадуб халкколеб, лъугьараб свиш (бижараб гьан, гьорой), бавасур (геморрой) толодул унтуде (ракалде) сверилалде гьеб сах гьабулеб бакӏлъун. Колопроктологиялда буго кӏиго подотделениеги – онкопроктология ва гӏаммаб проктология.\n— Гӏатӏидго тӏибитӏараб унти бугищ гьеб, кин ва сундасан ккезе бегьулеб чехь-бакьалда рак унти?\n— Гьанжеялдаса анцӏго-анцӏила щуго соналъ цебе чехь-бакь унтаразда гьоркьоб онкологиялъул унти загьирлъи, цогидал унтабазда дандеккун, анцӏабилеб бакӏалда букӏана. Гьанжейин абуни гьеб лъабабилеб-ункъабилеб бакӏалде бачӏана.\nЧехь-бакьалда, хасго биццатаб бакьалда рак унти ккеялъе квербакъулеб чанго гӏилла буго. Гьеб ккезе цӏикӏкӏун рес буго рахӏатаб гӏумруялда, вагъа-вачари къанагӏатав, лъелго хьвади дагьав чиясда. Гьебго заманалда бегьуларо бакӏаб хӏалтӏи гьабизе. Бищун аслияб буго кванил бацӏцӏалъиги низам цӏуниги. Щиб нилъеца гьанже кунеб бугеб? Кинабго буго химия гъорлъ бессараб. Кунеб буго, гормоналги кьун, лъабго-ункъо анкьиде гӏезарурал гӏанкӏудул, гьелго гормоналги кьун бокьахъ жанибго тун хьихьараб гӏи-боцӏул гьан. Лъикӏаб гьечӏо газ гъорлъ бугел, батӏи-батӏиял кьеразул минералиял лъинал гьекъезеги. Нилъеца цӏакъ гъираялда режула, куна шашлыкал. Чехь-бакьалъе гьел руго бакӏал ва заралиял. Бертабалъ рукӏуна чанго батӏиял тӏагӏамал, цин-циналде квер бегьун кванала чехь-бакьалъе бегьи-бегьунгутӏиялъухъ балагьичӏого. Цӏекӏлъи цӏикӏкӏараб, хъачӏаб, хӏадурун заман бараб квен, консервантал аскӏоре къазе риччазе бегьуларо.\nЦо къадаралда асар гьабулеб буго гьаб хӏалуцараб, парахалъи гьечӏеб рукӏа-рахъин, гӏумру букӏиналъ нервабазулги гӏодобиччай гьечӏолъиялъги. Гьелъул хӏасилалда цебе чехь-бакьалда ракалъул унтаби 50-60 соналде рахаразулъ гурого тӏатунел рукӏинчӏел ратани, гьанже тӏатунел руго 16-17 сон баразулъги, ай унти гӏолохъанлъулеб буго.\n— Рес бугищ чехь-бакьазда унти баккулеб букӏин цебеккунго лъазе, гьелъул гӏаламатал кинал ругел?\nГӏужда тӏалаб гьабизе ккола\n— Жиндир заманалда тохтурасухъе вачӏун тӏатинабуни, сах гьабизе кӏолареб унти букӏунаро. Щивав чияс жиндирго черхалда хадуб халкквезе ккола. Мисалалъе, цин лъамияб гъиз бачӏани, хадуб гьеб къвакӏун хӏажат тӏубазе захӏмалъани, гьелда гъорлъ бидул тӏираби тӏатани, хехго нижехъе рачӏине ккола. Букӏине бегьула чехь понцӏойги, хӏухьел цӏазе захӏмалъиги, чохьониса гьури гӏемер бачӏинги ва чохьол къагӏида хвейги. Хадуб сахлъиялъе кколеб заралалъул, гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъул хӏисабги гьабичӏого, гӏаврат бугеб бакӏ бугин тохтурасухъе ине нечон, намуслъун чӏаразул хӏасил лъикӏаб кколаро. Цо мисал бачинин. Щуго-анлъго соналъ цебе Гъарабудагъкент районалдаса анцӏила микьго сон барав гӏолохъанчи вачӏана отделениялде. Балагьараб мехалда гьесул биццатаб бакьалда бугоан нахъа ракалде буссине бегьулеб гьорой. Эбел-инсуда абуна операция гьабун, кьалбал риччалелде гьеб бакӏ васасул къотӏизе кколин. Метер рачӏинин, анкьидасан рачӏинин абун гьел тӏокӏал раккичӏо. Лъагӏалидасан рачӏана, васги вугоан гьорон чехьгун. Гьеб заманалда васасе ригьинги гьабун буго, хьвадун руго хурдузул дараби гьарулезухъе, хӏасил ккечӏеб мехалъ рак унтиялъ киса-кирего кьалбал риччан вачӏарав гьесие гьабизе кумек букӏинчӏо.\nБаладасан цӏех-рех гьабун биццатаб бакьалда полип (гьорой, гьан лъугьин) батани, кьалбал риччалелде бухӏизабун, къотӏун сахгьабизе кӏола, кӏиабилеб стадиялде щвезегӏан бижун, тӏирщун батаниги, рес буго сахгьабизе. Амма гьелдаса хадубги бичча-бихъан тани, операция гьабула, амма химия-терапия гьабизе ккола. Хадуб кколеб Аллагьасда лъала.\nМедтехникаялдалъун\nхьезарулел руго\n— Дагъистаналда махщел загӏипал тохтурзаби ругин нилъер гӏадамал унел руго Москваялде, Краснодаралде, Ростовалде, Астраханалде ва цогидалги Россиялъул шагьаразде…\n— Нилъер гьанир руго гӏезегӏан махщел бугел тохтурзаби, загӏипал дораго гӏадин гьанирги ратила, суал буго тохтуразул рахъалъ гуреб, тӏадегӏанал технологиялъул аппаратазул рахъалъ. Россиялъул централдехун ругел шагьаразул больницаби ва поликлиникаби гьездалъун лъикӏго хьезарун руго. Гьелдалъун буго гьединаб пикру бижун гӏадамазулги. Гьеб рахъалъ нилъер гьанибги иш лъикӏлъулеб буго. Лъица щиб бицаниги, абизе ккола, ахираб ункъо-щуго соналда республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул хӏаракаталдалъун больницабазде бачӏана гӏезегӏан гьанжесеб заманалъул медицинаялъул аппаратура. Мисалалъе, нижеца цебе операция гьабулелъул, чехь свизе кколаан, гьанже гьабула аппараталъго лапороскопиялъул кумекалдалъун. Унтараб бакӏалда тӏад чехьалда гьабула гьитӏинабго каратӏ, цинги къотӏула бакьалъул унтараб бакӏ. Гьеб данде букъулеб аппаратги буго.\n— Щибаб соналъ анцӏ-анцӏ тохтур къватӏиве виччала медуниверситеталъ, гьоркьохъеб медицинаялъул хӏалтӏухьаби къватӏире риччалеб чанго медучилищеги буго. Гьел гӏемер гьечӏищ? Хӏалтӏи щоларогоги рукӏунелъулха медицинаялъул лъай бугел гӏадамал.\n— Квеш ккараб жо буго нилъер гьаниб 70-80 ва жеги тӏаде сонал аниги тохтурзаби хӏалихьиялде унел гьечӏолъи, хӏатта кӏиго-лъабго бакӏалда хӏалтӏулелги рукӏуна. Цебесеб къагӏидаялъ хӏалтӏулел, цӏиял медицинаялъул технологиял, цӏирагьиял лъаларел гӏемераз гӏолохъаназе нух кьолеб гьечӏо. Жалго бетӏергьанал, хасал медицинаялъул централ, поликлиникаби рагьун рукӏиналъ, саламатаб кумек гьабулеб буго медиказе хӏалтӏизе бакӏал рукӏиналъе. Рес-санагӏалъи бугел гӏолилал хӏалтӏизе унел руго республика бахун къватӏирехунги.\n— Тохтурзабаз ришватал росичӏого иш тӏубаларин, унтарасул агъаз гьабуларин абула. Дуца щиб абилеб?\n— Дида лъалеб жо буго цониги тохтурас абизе рес гьечӏо, гьадигӏанаб гӏарац кьечӏого, унтарасе операция я цогидабги медицинаялъул хъулухъ гьабизе гьечӏилан. Жидее хъулухъ гьабидал, унтарас кьураб сайгъат-гӏарац босулел тохтурзабиги ратила, босуларелги ратила, лъаларо. Цогидаб рахъалъ босани, тохтур вуго гьаб заманалда нилъгун вугев чи. Лъималазул рокъоб лъимер гьабуралдаса нахъе кьолеб гьечӏищ ришват – яслиялде лъимаде бакӏ щвезе, школалде, институталде, хӏалтӏи тӏалаб гьабун. Хӏасил, вижаралдаса хвезегӏан ришватал кьолеб къагӏида буго сверухъ. Нилъ беццалги гьечӏо, гӏинкъалги гьечӏо – бихьулебги буго, рагӏулебги буго. Тохтурасги цогидазги ришват босизе кколин абулеб гьечӏо, амма хӏакъикъат гьединаб буго. Тохтур вукӏине ккола гӏицӏго тохтурлъиги гьабун, гьесие гӏураб мухьги букӏине ккела. Дица лъагӏалида жаниб гьабула гьоркьохъеб хӏисабалда 250 операция. Бищун бигьаяб геморрой операция гьабун ФОМСалъ больницаялде рехула 21 азарго гъуруш. Букӏуна заман къойие кӏиго-лъабго операция гьабурабги. Моцӏрое дие щолеб буго анцӏила анлъазарго гъуруш гӏарац. Кибе унеб бугеб дица операция гьабуралъухъ ФОМСалдаса бачӏунеб. Гьелъул ункъил бутӏагӏаги тохтурасе кьезе ккеларищ? Руго жеги гӏемерал суалал, ричӏчӏуларел бакӏал.\nАхиралда абила, унтун нижехъе рачӏаразда гьоркьор бащдалде гӏагарун магӏарулал рукӏуна. Гьединлъидал гьарула нужерго чехь-бакьалъул халгьабизе нижехъе рачӏаян. Гӏарацги босизе гьечӏо.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "659-gaj-khutiana-daim-dir-uchitell-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=659-gaj-khutiana-daim-dir-uchitell-un", "title": "Гьай хутӏана даим дир учительлъун", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "23 декабралда 100 сон тӏубала машгьурай гӏалимчӏужу Гулжагьан Мадиева гьаюралдаса\nДагъистаналъул шагӏир Гӏабас Шейховасул пикруялда хадурги рилълъун, «Гьай хутӏана даим дир учительлъун» гьедин абула Гулжагьан Исмагӏиловналда цере цӏаларал нус-нус магӏарулаз. Гьей йикӏана унго-унгояй педагог, машгьурай гӏалимчӏужу. Гӏемерал гьечӏо нилъер гьединал, тӏолабго гӏумру мацӏалъе кьурал, жидер хӏаракаталда бахилал руччаби. Гьей гьаюна 1917 соналъул 23 декабралда Темир-Хан Шураялда (гьелъул эбел-эмен рукӏана Чӏохъа). Тӏубараб гӏасру сверана гьелдаса нахъе, амма гьелъул гьайбатаб гӏумруялъулги хвел гьечӏеб гӏаданлъиялъулги хӏакъалъулъ жакъаги бицуна магӏарухъ.\n1993 соналъул 1 январалда «Хӏакъикъат» газеталъ, республикаялъул захӏматчагӏазда тӏаде щвараб цӏияб сонги баркулаго, «Кинаб божилъигун дуца дандчӏвалеб бугеб 1994 сон?» — абураб суалалъе Гулжагьан Мадиевалъ жаваб гьабула «къокъидго нилъер гӏумру лъикӏлъиялде хьул лъезе бакӏ гьечӏо. Россиялъул хӏукуматалъул бетӏерлъуда дагьа-макъабго хиса-баси кканиги, аслияб куцалда гьадалго, нилъер чунтби чӏехьолел чагӏи хутӏана. Лъикӏалде хьул гьабун рукӏани гурони, цӏар лъезе лъалареб заман бачӏана нилъеде», — ян. Дагъистаналъул университеталда рахьдал мацӏал малъулей йикӏаниги, Гулжагьан киналго студентазда лъалаан политикияб рахъалъ лъадарарай, гӏумруялъул захӏмалъаби раччун, къобихьарай гӏадан йикӏин. 1936 соналда 10 классги лъугӏизабун, тохтурлъун цӏализе ине хӏадурлъулей йикӏарай гӏолилай гӏолеб хъизамалде рещтӏана балагь – «халкъалъул тушман» вугилан, вачун ана эмен. Заманго инелде, эбелги йитӏана Сибиралде. Тохтурлъун яхъине бугеб гъираялъ чара хварай Гулжагьан, ячуна Симферополалъул медицинаялъулаб институталде. Амма гьениб цо курс лъугӏарабго, биографиялда «чӏегӏераб тӏанкӏ» батарай гьей институталдаса нахъе ине ккана. Тӏадюссун лъугьана Махӏачахъалаялъул медицинаялъулаб институталде, амма «халкъалъул тушманасул» яс гьенийги цӏализе течӏо ва комсомолалдасагицин нахъе рехана.\nХъизан гӏуцӏи\nГьеб заманалда Гулжагьанида дандчӏвана Мадиев Хӏасан, ва гьелъ гьесулгун гӏумру бухьана. Гьел рукӏана цӏакъ цоцазе хириял рос-лъади. Хадув Хӏасан вукӏана Буйнакскалъул педагогияб училищеялъул директорлъунги 1941-1942 соназ «Магӏарул большевик» газеталъул жавабияв секретарьлъунги. Гьесул цӏалдохъанлъун вукӏана дунялалдаго цӏар рагӏарав, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовги. Амма Хӏасанилги гӏумру халатаб батичӏо – 1947 соналда гьев хвана Крымалда. Дагъистаналъул цӏар рагӏарав шагӏир, драматург, таржамачи Мухӏамад Сулимановасул «Апараг» абураб поэмаялда, жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунаго, кӏудияб къимат кьолеб буго гьес жиндир вукӏарав учитель, Буйнакскалда педучилищеялъул директорлъун вукӏарав, Гулжагьанил рос Хӏасан Мадиевасе:\nДирни талихӏкъосин, гордуцин гьечӏеб\nЦохӏо рукъ хутӏана доба магӏарухъ.\nАмма чехьалъ буго гӏакъуба кьолеб,\nГӏисинал бакьаца чӏахӏиял кунел…\n— Документ?\n— Гьалеха.\n— Гьа, мадар буго!\n«Неуд» бихьуларо, «хор», «отл» гурони,\n-Гьобол-гьудул вугищ? Лъилъув рещтӏарав?\nЩиб дица гьабилеб, вуцӏцӏухӏун чӏана,\nГьелдаса щулияб жаваб кин кьелеб?\nЦӏодорав директор, Мадиев Хӏасан,\nМун дида хвезегӏан кӏочон теларо,\nДуца бестӏаласул рескъотӏиялда\nКъалам тӏасан цӏана, дуе баркала.\nАкадемиказул лекциял\nва блокадаялъул кьогӏлъи\n1938 соналда Гулжагьан цӏализе лъугьуна Сталинградалъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталъул Кавказалъулаб бутӏаялде. Гулжагьан цӏалуда хадуй гъурай йикӏана, кинабго лъазе бокьулаан гьелъие. Гулжагьанида жиндирго пагьмуялдалъун кӏвана факультеталда лъагӏалида жаниб кӏиго курс лъугӏизабизе.\nКавказалдаса ячӏарай цохӏо яс гӏодой чӏараб аудиториялда гӏицӏго гьелъие магӏарул мацӏалъул хӏакъалъулъ лекциял цӏалана гьенир дарсал кьолел рукӏарал академикал И. Мещаниновасги Е. Бокаревасги.\nБайбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ, гӏолохъанай магӏарулай ккана тушбабаз сверун ккураб Ленинградалъул блокадаялде. Гьениб бараб чанго моцӏалъ Гулжагьанида гӏемераб гӏакъуба бихьана ва гьениса ячӏараб мехалда гьей росасдагицин къосана.\nРагъул кьогӏал соназда Дагъистаналъул школазул гӏелмияб цӏех-рехалъул институталда ва Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалда хӏалтӏулаго, Гулжагьаница тӏолабго къуват кьолеб букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалъе рагъул шартӏазда битӏараб тарбия-лъай кьеялъе.\nГӏелму – гӏумрудул аслияб нух\n1950 соналда гьей лъугьана СССРалъул гӏелмияб академиялъул аспирантураялде ва, гӏемер кватӏичӏого, цӏунана филологиял гӏелмабазул кандидатасул диссертация. Дагъистаналда Гулжагьан Исмагӏиловна ккола тӏоцеесей магӏарулай — гӏалимчӏужу. Гьей йикӏана магӏарул мацӏалъул диалектазда тӏад хӏалтӏи гьабулей устар, Дагъистаналъул гӏелмабазул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу. 1969 соналда пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталде лъугьарав дир гьей хӏеренай мугӏалималъулгун лъай-хъвай ккана тӏоцересел дарсаздаго.\nГьелда цере цӏалана хадур жал республикаялъул батӏи-батӏиял жавабиял хъулухъазда хӏалтӏарал хӏакимзабиги, ва гьединго гӏалимзабиги: Мухӏу Гӏалиев, Сиражудин Хӏайбулаев, Бадави Хӏажиев, Ахӏмад Муртазагӏалиев, Мухӏамадрасул Усахов, Казимбег Ахӏмадов, Ахӏмадпаша Зиявудинов ва гь. ц.\nГьелъул хӏакъалъулъ цӏалдохъабаз хъван руго хинал рагӏаби рехсарал жидерго ракӏалдещвеялги кучӏдулги. Хъваларей гӏадай гӏадан йикӏинчӏо Гулжагьан Мадиева. Тӏадехун рехсовухъе, гьелъул вукӏарав студент, Дагъистаналъул цӏар рагӏарав шагӏир Гӏабас Шейховас Гулжагьанил хӏакъалъулъ хъван буго кӏудияб кечӏ. Гьале гьелъул цо чанго мухъ:\nГӏасиял къоязда къваридал сагӏтаз\nГьалъ пикру гьабуна бергьенлъиялъул,\nГьай, тӏахьазул автор, цӏакъ гьитӏинго дир\nРикӏкӏадаб росдае чирахълъун ккана.\nГьалъул гӏелмияб цӏар магӏарулалъе\nМугӏрузда кунчӏараб цӏвалъун букӏана,\nМунги, гьале гьайги, гьанир дандчӏвана\nКӏиго заманалъул нугӏзал киниги.\nГьай хутӏана даим дир учительлъун,\nДунги кидагосев – гьалъул цӏалдохъан,\nГьадинал мугӏрузда дагьал рукӏана\nДагьаб жо мугӏрузда буго даимаб.\nГӏолохъанго росасдаса ятӏалъаниги, Гулжагьаница цӏунана магӏарул чӏужуялъул рацӏцӏалъиги ритӏухълъиги. Гӏемераб къо бихьаниги, рехун течӏо гӏелмуялдехун бугеб рокьи. Жиндирго лъимал гьечӏониги, хӏеренлъиги рокьиги бикьана магӏарул цӏалдохъабазе. Киназего хӏалае яхъине хӏадурго йикӏунаан гьей. Амма цӏалудехун мугърехарал кӏвахӏалал лъималаздехун кьварараб бербалагьиги букӏунаан гьелъул. Гьедин къадру-къиматалда йикӏиналъ батила, цадахъ хӏалтӏулез Гулжагьан чанго нухалда шагьаралъул советалде депутатлъунги йихьизаюрай.\nГьелъ кӏудияб бутӏа лъуна республикаялда филологияб, хасго магӏарул мацӏалъул гӏелму цебетӏезабиялъулъ. Гьей ккола «Бежтӏадерил мацӏалъул грамматикияб очерк», «Авар мацӏ», «Авар мацӏалъул грамматика», «Авар мацӏалъул синтаксис», «Аваразул литературияб мацӏалъул морфология», «Магӏарул ва гӏурус мацӏазул грамматикаби дандекквеялъул цо-цо суалал» абурал тӏахьазул автор. Гьелъ нахъе тана анцӏ-анцӏ гӏелмияб хӏалтӏи, цӏуничӏого хутӏана «Авар мацӏалъул гӏелмияб грамматика» абураб цӏаралда гъоркь гӏелмабазул докторлъиялъулаб диссертация.\nГьединайлъун хутӏила гьей гьайбатай, сахаватай гӏадан гьелда цере гӏемерал соназ цӏаларал, гьелъухъа лъай босарал, тарбия щварал васазулги ясазулги рекӏелъ.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "660-nukhlulaze-giansa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=660-nukhlulaze-giansa", "title": "Нухлулазе гӏанса", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Эбел-инсул гьабулеб адаб – дурго лъималаздаса дуего щвезе бугеб давла\n— Дудайищ лъалеб, эбел, гьабизе кколеб жо, дидайищ? Мун херлъун йиго, дурго херлъиялъул тӏалабги гьабун йикӏа, къваригӏел гьечӏелщинал жал рицинчӏого, — ян хъачӏго эбелалда кӏалъалев саламатав чи вихьидал, дун битӏахъе палгъан хутӏана. Гьесда цадахъ, ай гьесул машинаялда рекӏун шагьаралде тӏадвуссинчӏого ресги букӏинчӏо. Чияр росулъ гьев гурони лъалев чи вукӏинчӏелъулха.\n— Валлагь, гӏажаибай чӏужу йиго дир эбел. Жиндего кколебги кколаребги гьабулей йикӏуна. Аллагьги рехсон щай чӏолареяли лъаларо, — ян дидехун ургъел бикьизе лъугьана гьев нухда рачӏунаго.\n— Дудаго аскӏоегӏаги щай ячунарей, жийго цохӏо росулъ течӏого, — ян цӏехана дица.\n— Дуца бицунеб щиб, Аллагьас цӏунаги, гьей аскӏое ячани дун хъизаналдаса ватӏалъизе ккола, цӏакъ кӏал квешай гӏадан йиго дир эбел, — ан гьелъул гӏунгутӏабазул бицине васас байбихьидал, цо кинабалиго гьаракьги бахъун, машина занкӏан чӏана. Кигӏан тӏаделъаниги, я дихъа, яги гьесухъа гьеб хӏалтӏизабунги бажаричӏо. Палхӏасил, Махӏачхъалаялдаса кумекги ахӏун, нахъисеб къоялъ щвана шагьаралде. Гьеб сордойин абуни бана нухда, машинаялда жаниб. Эбелалъин абуни гьарулеб букӏана васасда цо сордо рокъоб байилан, дургун хабар-кӏал бицине бокьун, урхъун йигилан. Амма хӏалтӏудеги хъизаналъухъеги щвезе кколев вукӏарав гьес сордо базе ккана гӏалхуда, машинаялда жаниб.\nБитӏараб бицани, гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб дица хӏаракат бахъана гьесдаса рикӏкӏалъизе, хӏатта рикӏкӏалъулев вугилан гьес чанго нухалда диде гӏайиб гьабуниги. Амма щаялиго ракӏалъ нахъе цӏалев вукӏана, эбелалъул хӏурмат гьабуларев бихьинчи вихьизецин къабуллъулеб букӏинчӏо. Кинго кӏолеб букӏинчӏо дида чӏванкъотӏун гьадинаб гӏиллаялъе гӏоло дудаса рикӏкӏалъулев вугин гьесда абизеги.\nЦо нухалда живго гьавураб къо кӏодо гьабизе гьоболлъухъ ахӏана гьес дунги. Гӏезегӏан гьалбалги рукӏана. Азбаралда васандулев васас гьалбадерие лазатбахъи гьабулеб букӏиналъ, инсуца гьесда чанго нухалда лъазабуна чӏайилан, берцинго вукӏайилан. Амма вас гӏенеккулев вукӏинчӏо. Иргадулаб нухалда инсуца дагьаб хъачӏго абидал, эбелалъул цӏар бахъараб чорокаб рагӏиги инсуда абун, велъана вас. Гьесдасаги цӏакъ, ай гьес гьабураб гьунаралдаса разилъун эменги велъана…\n… Анцӏила щугониги сон букӏана дида гьев саламатав чи вихьичӏого. Цо нухалда ракӏалдаго гьечӏого дандчӏвана базаралда. Нижеца хъваш-баш гьабуна, бихьа-рагӏараб бицана ва «гӏодор чӏезелъун» гьесухъе рилълъине ният ккана. Гьесги хъизаналъги гӏумру гьабулеб бугоан кӏиго рукъалъул секциялъуб. Гьес бицана доб хъалагӏанасеб мина васасе кьунила, гьевги кинабалиго цӏакъаб хӏалтӏуда вугила. Хабар-кӏалалда рукӏаго тӏаде рехун вачӏана галстук барав чи. Дида гьебсагӏатго лъана гьев гьесул вас вукӏин.\n— Дада, дун налъукье ккун вуго. Рес гьечӏо дур гьаб квартира бичичӏого. Нуж дагьаб мехалъ магӏарухъе рахъине ккола. Дир иш лъикӏ ккарабго, эхерего рачинарищха, — ян кӏалъана вас.\n— Дуца бицунеб щиб? Росулъ басриябго гурони рукъ гьечӏо. Доба кин гӏумру гьабизе бугеб? — ан кӏалъана эмен.\n— Дудего аскӏоре рачеха, цо рукъги нижехъе кье, — ян абуна эбелалъ.\n— Агьа, гьеб букӏана дие хӏажалъун. Дун хъизангун ватӏалъизейищ нужее бокьун бугеб? Херал чагӏи кин ва кир рукӏаниги щиб? — ан васас абидал, дица дирго гьалмагъ, саламатав чилъун вукӏарасда цӏехана эбел чӏаго йигищилан.\nСаламатав чиясин абуни данде калам гьабичӏо, амма ракьалде далараб бетӏер эхеде борхулеб букӏинчӏо. Гьесда бичӏчӏун батила магӏарухъе вахъине кколеблъи, эбелалъул хабаде вахинчӏого анцӏила щуябго сон сверун букӏин.\nАлжан – эбелалъул хӏатӏикь\nКӏудияв шайих Мухӏаммад Багьавудин Накъшубандияс гьабун буго киназего насихӏатлъун букӏунеб васият: «Дихъе зияраталъ рачӏунел цин дир эбелалъул хабаде щва», — ян абураб.\nГӏабдурахӏман Жамица абун буго: «Кинха дие дир эбел йокьичӏого йикӏиней? Гьелъ дун ичӏго моцӏалъ жиндирго ургьив лъун, цинги пуланаб заманаялъ кодове вачун, къвал жемун, хадуб хвезегӏан жиндирго рекӏел хӏалимлъиялъул ва гурхӏалил бокӏнилъ лъун хьихьана. Гьелдехун адаб теялдаса квешаб жо дида лъаларо».\nХалифа Мансурица, Куфаялдаса Багъдадалдеги ахӏун, къадиясул хӏалтӏи тӏаде босеян абидал, Абухӏанифаца инкар гьабуна. Гьелъие гӏоло халифас имам жанив тӏамуна. Абухӏанифада цӏалал кьабулаго аскӏой йикӏана гьесул эбелги. Хадуб, Абухӏанифаца абулаан: «Доб къоялъ дидаго кьабгӏулел цӏалаздаса дие эбелалъул магӏуги гьелъул къварилъиги захӏмалъун букӏана», — ян.\nАварагасул хирияб хӏадисалда буго: «Алжан – эбелалъул хӏатӏикь буго», — ян."}
{"slug": "661-zamanalda-tsadakh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=661-zamanalda-tsadakh", "title": "Заманалда цадахъ", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Телефонал те цӏалдохъабазухъ\nСШАялъул Пенсильвания штаталда «Лъагӏалил учитель – 2017» къецалда чӏел босарав Майкл Соскилица абулеб буго, цӏалдохъабазухъа телефонал нахъе росизе бегьуларин. Гьелъие гьадинал гӏиллаби рехсолел руго педагогас:\nТӏоцебесеб: лъимал хӏадуризе ккола букӏинеселде.\nШкола лъугӏулел цӏалдохъаби нилъеца хӏадуризе ккола букӏинесеб гӏумруялде. Гьединлъидал нилъеца гьезие ихтияр кьезе ккола букӏинесеб гӏумруялда хӏажалъизехъин ругел алатаздаса пайда босизе. Нужехъа рехсон бажарулищ, школа лъугӏун арал цӏалдохъабазул рукӏине бегьулел махщелазда гьоркьоса, телефонги хӏалтӏизабичӏого, тӏубалеб цогӏаги махщел? Механиказ хӏажатал алатал рачӏинарула, телефоналдасанги кӏалъан, планшеталда инженераз халгьабула чертежазул, тукенчияс ккараб хайирги араб гӏарцул хӏисабги гьабула. Гьединаб сияхӏалъе ахир букӏунаро. Нилъер цӏалдохъабаздаса махщелчагӏи рахъиналде, технологиял хӏалтӏизариялъул рахъ жеги камиллъизе буго. Гьединаб гӏумруялде гьел хӏадуричӏого тей ккола такъсир.\nКӏиабилеб: нилъехъа бажарула цӏалдохъабазе пайдаялъе дарсидаго телефонал хӏалтӏизаризе.\nЦӏиял технологиязда рекъон школа хьезабизе бажарулеб гьечӏо, кризис букӏин хӏисабалде босани. Гьеб гӏиллаги батун, гӏемерисел школазда хӏалтӏизаруларо технологиял. Щивав цӏалдохъанасухъ кодор руго гьел технологиязе санагӏатал телефонал. Абизе бегьула, щивасухъ кодоб бугин Интернеталъул бухьенги бугеб гьитӏинабго компьютер. Интернеталда буго аза-азар чӏобогояб цадахълъел. Гьел хӏалтӏизаризе бегьула дарсида цӏалдохъабазул лъай камил гьабиялъе. Гьелъул бакӏалда нилъеца дарсил заман чӏвала, цӏалдохъабазухъа телефоналги рахъулаго.\nЛъабабилеб: телефоназ кумек гьабула XХӀ гӏасруялъул бажари камил гьабизе.\nМобильниял алатазул кӏудияб пайда буго XХӀ гӏасруялъе хӏажатаб бажари куцаялъе. Цоцазулгун бухьенал гьаризе лъимал куцазе къваригӏун батани, телефоналдасаги лъикӏаб щиб алат бугеб гьелъие санагӏатаб?\nЦӏалдохъабазухъа телефонал рахъизе кколин абураб пикру бугел педагогаз абула, гьез гьенир тӏасан жавабал хъвалин, учитель махсараде кколин, гьел гьерсазде ругьунлъулин. Дир пикруялда, гьениб лъималазул кинабгӏаги гӏайиб гьечӏо. Гӏайиб буго, Интернеталдаса жаваб балагьун бажаруледухъ тӏадкъаял хӏадурарав учителасда. Цӏалдохъабазул хӏакъикъияб лъаялъул халгьабизе хӏалтӏизарулел тестаз гьел хӏадуруларо букӏинесеб гӏумруялде. Нилъеца гьел ругьун гьаризе ккола информация балагьизе, хӏукмаби гьаризе, пуланаб масъалаялда тӏад цадахъ хӏалтӏизе. Гьединал хасиятал хӏажалъула гьезие хадур-ккун. Гьеле гьел куцазе кумекалъе батула телефон, щайгурелъул гьелъ рес кьола, дунялалъул кинаб рахъалда ватаниги, бокьарав чиясулгун бухьен гьабизе, гьевгун гара-чӏваризе. Масала, дуца цӏалдохъабазе тӏадкъай кьола, Франциялъул гьава-бакъалъул хаслъи гьезда лъалищали халгьабиялъул мурадалда. Гьелдаса пайдаяб букӏина, Франциялъул цӏалдохъабазулгун видеобухьенги гьабун, гьезда бицинабуни, жидер улкаялъул хӏакъалъулъ. Гьедин щвараб лъай – божа дида – цӏалдохъабазда киданиги кӏочонаро.\nУнкъабилеб: нилъеца цӏалдохъабазда бичӏчӏизабизе ккола, цого жоялъул хӏакъалъулъ кӏиго батӏияб пикру нилъеца къабул гьабулареблъи.\nДун щвана батӏи-батӏиял школазул учительзабазул дарсазде. Чанцӏулго бихьана, цӏалдохъабазухъа телефоналги нахъе росун, учителас дарсида телефоналдасаги планшеталдасаги пайда босулеб. Цо-цо мехалда, цӏалдохъабаз тӏадкъай тӏубазабулеб заманалда, хъизамалъухъе СМС битӏизеги социалиял гьиназда хъвараб жо цӏализеги хӏалтӏизабулаан гьез телефон. Дида бихьарабго гӏадин, цӏалдохъабаздаги бихьула гьеб. Гьелде, ай цоязе – лъикӏаблъун, цогидазе – квешаблъун цого жо букӏине бегьиялде ругьунлъула цӏалдохъабиги, ва гьеб лъай гьез цадахъ босула хадусеб гӏумруялдеги. Гьеб мекъаб пикру буго ва нилъеца лъимал ругьун гьаризе бегьуларо кӏигьумерчилъиялде.\nЩуабилеб: нилъеца гьезда малъизе ккола гӏумруялъе хӏинкъи букӏунаредухъ телефоналдаса битӏун пайда босизе. Мобильниял алатаздаса хӏинкъи тӏагӏунаро киданиги – педагогазда тӏадаб буго гьел хӏинкъабаздаса жалго цӏунизе кколел къагӏидаби цӏалдохъабазда малъизе.\nПедсовет.орг сайталдаса босараб"}
{"slug": "662-fazu-gialieva-gayuraldasa-85-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=662-fazu-gialieva-gayuraldasa-85-son", "title": "Фазу Гӏалиева гьаюралдаса — 85 сон", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Шагӏир херлъуларо, шагӏир холаро\nМугӏрузул каранда кунчӏараб свин гьечӏеб цӏва\n— Дагъистан ккола пагьму-гьунар бугел гӏадамазул ракь. Гьанир рижарал ва гӏурал гӏалимзабаз, шагӏирзабаз ва цогидалги машгьурал гӏадамаз дунялалдаго рагӏизабуна мугӏрузул улка. Гьединазул цояй ккола Дагъистаналъул халкъияй шагӏир, Андрей Первозванныясул орден щварай Фазу Гӏалиева. Гьелъул шигӏрабаз малъана ватӏан бокьизе, гьелъ ахӏана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъи цӏунейилан. Гьелъул тӏахьал руссинарун руго дунялалъул 70-ялдасаги цӏикӏкӏун мацӏалде. Фазудаса чӏухӏула Россия. Гьединаб машгьураб, хвел гьечӏеб лъалкӏ тана гьелъ ракьалда. Гьей мустахӏикъайги йикӏана гьадинаб адаб-хӏурматалъе, — ян.\nШагӏиралъул гӏумруялъул ва адабияб гьунаралъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовасги:\n— Дагъистан чӏаго бугебгӏан мехалда, чӏаго йикӏине йиго Фазу. Гьелъул букӏана лъиениги хасиятаб гьечӏеб, жиндирго хасаб хатӏ. Гьеб хатӏгун Фазу жакъа цӏидасан тӏадюссана нилъехъе, — ян абуна гьес ва цӏалана Фазуде гьабураб кечӏги.\nПашманлъиги рохелги жубараб кӏалъай букӏана Фазул вас Жамбулатил:\n— Жакъа радал ниж, лъабавго вац, рахана эбелалъул хабаде. Ниж рукӏана нижгойин цере ккаралилан. Амма эбелалъул хобги хабаде унеб нухги тӏугьдузул цӏун батана. Эбел хваралдаса нахъе дун гьаб паркалде щун вукӏинчӏо. Дида кӏолеб букӏинчӏо эбел гьечӏеб парк цебечӏезабизе. Гьание унаан гьей щибаб къоялъ, гьанир рижана долъул бищунго лъикӏал кучӏдулги. Эбел нилъехъе тӏадюссана — гьелъ дие цӏидасанги паркалде нух рагьана,- ян абуна гьес.\nЖамбулатица баркала кьуна памятник гьабиялъулъ гӏахьаллъанщиназе: автор Александр Лохтачевасе, Санкт-Петербургалдаса скульптор Ярослав Барковасе, скульптор Ольга Зубковалъе ва цогидазе. Гьединго гьес ракӏалдещвезабуна эбелалъе Россиялъул тӏадегӏанаб шапакъат кьолеб лахӏзат. Гьес баркала загьир гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиние, эбелалъул гьунаралъе кьураб кӏудияб къиматалъухъ.\n«Москваялъул комсомолец» журналалъул редактор Иван Голубничийица бицана советиял шагӏирзабазда гьоркьоб Фазул букӏараб хӏурматалъул, шагӏиралъулгун жиндирго букӏараб бухьеналъул хӏакъалъулъ.\n— Фазу Гӏалиевалъул асараз дунялалъего бицана Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб адабияталъул хӏакъалъулъ, — ан абуна гьес.\nЦинги халкъияй шагӏиралъ къабул гьаруна гӏагараб халкъалъ кьурал тӏугьдул — гьале доб щивав шагӏир урхъун вукӏунеб лахӏзат — гӏадамаз жиндир шигӏрабазе къимат кьолеб мех. Тӏугьдузухъ ялагьидал, ракӏалдещвана шагӏиралъ жиндирго цо юбилеялда гьабун букӏараб кӏалъайги:\n— Хабалалъе унелъул, дида кӏодоэбелалъ малъулаан хабада бижараб хер тӏезе, хӏатта тӏад хӏетӏецин чӏезе бегьуларин. Амма жакъа нужеда абизе бокьун буго — дида ракӏчӏун лъала дир хабада берцинал тӏугьдул рижизе рукӏин. Гьеб ккола ракьулъан нужехъе дица битӏун бачӏунеб бугеб рокьиги саламги. Ретӏе гьел тӏугьдул. Нагагь гьел ретӏичӏого хутӏани, дун пашманлъизе йиго.\nГӏурус театралда\nГьелдаса хадуб Гӏурус театралда тӏобитӏана шагӏиралъе сайгъат гьабураб рохалилаб данделъи. Гьеб рагьулаго, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тӏоцевесев заместитель Камил Давдиевас цӏалана Россиялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенкол баркиялъулаб телеграммаги.\n— Ракӏ-ракӏалъ баркула Дагъистаналъул халкъалда республикаялъе кӏвар бугеб лъугьа-бахъин. Фазу Гӏалиева ккола Россиялъул маданияталъул ва адабияталъул кӏудияб чӏухӏилъун. Фазул тӏадегӏанаб махщалил хвел гьечӏеб ирслъун ккола гьелъ хъвараб нусгоялдасаги цӏикӏкӏун тӏехь. Гьел руссинарун руго батӏи-батӏиял мацӏазде. Пачалихъалъ гьелъул асаразе кьуна тӏадегӏанаб къимат, — илан хъван буго телеграммаялда.\nФазу Гӏалиевалъул хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул хӏукуматалъул вице-премьер Анатолий Карибовас, шагӏиралъул вас Мухӏамад Мухӏамадовас, Чачаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Канта Ибрагьимовас, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Людмила Авшалумовалъ, Хунзахъ районалъул бетӏер Сагӏид Юсуповас ва цогидазги. Тадбиралда рихьизаруна шагӏиралъул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунел видеороликалги концертги. Кочӏохъабаз шагӏиралъул рагӏабазда ахӏана кучӏдулги.\nХадурагӏи\nМагӏарул кӏиго шагӏирасе (Хӏамзатил Расулиеги Фазу Гӏалиевалъеги) рарал памятниказ нугӏлъи гьабизе буго нилъер миллаталъул тӏадегӏанлъиялъе. Гьел ккола гӏагарал мугӏрузул каранда кунчӏарал свин гьечӏел цӏваби. Гьел руго Россия жидедаса чӏухӏизе бугел Дагъистаналъул шагӏирзаби. Гьел руго ватӏаналъул цӏар дунялалда рагӏизабурал Россиялъул шагӏирзаби.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "666-k-abull-arab-dugia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=666-k-abull-arab-dugia", "title": "Къабуллъараб дугӏа", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "ЮАРалдаса тохтуралъул ккараб лъугьа-бахъин\n— Цо сордоялъ дунги цадахъ рукӏарал медсестрабиги захӏматаб дежурствоялде ккана, — ян хъвалеб буго ЮАРалдаса тохтуралъ. — Лъимер гьабулаго, кигӏан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кӏвечӏо гӏолохъанай чӏужугӏадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечӏого гьабураб, загӏипаб лъимер ва кӏиго сон барай яс. Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загӏипаб лъимерин абун? Больницаялда рукӏинчӏо шартӏал, хӏатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букӏинчӏо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячӏана, гьитӏич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячӏана магӏил бералги цӏун:\n— Хинаб лъим жанибе тӏурабго, грелка бихъана. Гьабин абуни букӏана нилъер гьаниб хутӏараб ахирисеб грелка.\n«Гӏодобе тӏураб рахьалда хадур гӏодиялъул магӏна гьечӏин» бакътӏерхьул улкабазда абулеб гӏадин, Африкаялдаги пайда букӏинчӏо грелкаялда хадур гӏодун. Гьеб босизе я аптека ялъуни тукен букӏинчӏо.\n— Щибха гьабилеб? – ан абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цӏадуда аскӏоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачӏунеб гӏадаб бакӏалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечӏони гьитӏич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскӏор регила, гьелда гьури чӏваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго, лъимер квачалдаса цӏуни.\nНахъисеб къоялъ дун ана аскӏобго букӏараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъ къаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитӏинаб лъимадуе дугӏа гьабейилан.\n— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ан абуна дица гьезда, — цого-цо букӏараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букӏана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.\nДица, гьединго, гьезие бицана кӏиго сон барай ясги йигин гьей хварай чӏужугӏаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачӏониги, эбелалъухъ гӏодулей.\nЛъимал кутакалда гӏенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугӏа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцӏго сон барай гӏадай ясалъ. Гьей ракӏ-ракӏалъ Аллагьасде гьардолей йикӏана, жиндирго гьитӏинал квералги цере ккун:\n— Я, нижер Бетӏергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватӏун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго…\nГьедин гьарана гьелъ гӏезегӏан мехалъ, бацӏцӏунаго магӏугун ва ахиралда тӏадеги жубана:\n— Цо ясикӏоги кье, Аллагь, гьей кӏиго сон барай ясалъе, жий Дуе йокьулеблъи гьелда лъазе ва гьелъул ракӏги гъун букӏине…\nГьелъул гьари рагӏун гьакӏкӏан хутӏарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. Тӏубалареб гьари бугилан пикруги букӏана, гьитӏинай ясалъул анищ бихьулищин ракӏалдеги ккана. Гьединал пикрабазда дун хӏалтӏуде тӏадюссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букӏана больницаялда дандбитӏухъ. Дарсида йикӏаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чӏун. Дун гьение екерана, амма дун тӏаде щвелалде гьеб ана. Гьеб машинаялда рукӏараз дир рагъида лъун бугоан къоло кӏиго килограмм бугеб кӏудияб посылка. Дир берал магӏил цӏуна. Дие жеги лъицаниги посылка битӏун бачӏун букӏинчӏо, лъабго соналъ гьаний хӏалтӏулей йигониги. Дихъа гьеб рагьизе бажаричӏого, добго лъималазул рокъобе ахӏи бана. Гьебсагӏатго тӏаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикӏана дой дугӏа гьабурай ясги. Киналго тӏаделъун, нижеца цо-цоккун гарацӏ бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотӏана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. Лъебергогӏанасеб бер букӏана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.\nБищун тӏад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчӏелел рукӏана. Хадур рахъун рачӏана медицинаялъул къваригӏунел алатал, чанго кишмишалъул къвачӏа, конфетал… ва грелка! У, хӏакъикъаталдаги букӏана цӏияб грелка!\nЛъималазул, гӏажаиблъун, гьаркьал рорчӏана, дирин абуни берал магӏил цӏуна. Дица гьарун букӏинчӏо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гӏажаиблъун йикӏана. Дунго кинай гӏабдалха, дугӏаялъул къуваталда божуларей?\n— Грелка кьурав Аллагьас ясикӏоги кьун батизе бегьула! – янги ахӏделаго кӏанцӏезе лъугьана дугӏа гьабурай яс.\nХӏакъикъаталдаги посылкаялъул тӏиналда батана берцинаб ясикӏо. Ясалъул берал цӏваби гӏадин кенчӏана, гьей божун йикӏана гьарараб жо Аллагьас кьолеблъиялда.\n— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитӏинай ясалъе гьаб ясикӏо кьезе? – ян абуна гьелъ дида.\n— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магӏугун.\nГьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцӏ. Гьеб битӏун букӏун буго дир рукӏарал цӏалдохъабаз, дунго гӏадай тохтуралъ ракӏалдеги щвезабун. Гьелъул ракӏалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битӏун хӏажатаб къоялъ грелка тӏаде щвезе. Посылка цӏечӏого хутӏараб бакӏалда цоялъ ясикӏоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букӏинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитӏинай ясалъул дугӏаялъе Аллагьасул жаваб."}
{"slug": "667-makie-zaman-giolareb-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=667-makie-zaman-giolareb-khialtii", "title": "Макьие заман гӏолареб хӏалтӏи", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Учителасе — 6900 гъуруш, техничкаялъе — 7800\nУчителасе кьолеб харжалъул хӏакъалъулъ газетаздагун электронияб сурсаталда бицунеб макъалаялда хадур загьир гьарун рукӏуна батӏи-батӏиял пикраби. Цояз хъвала, гьанже гӏадинаб хӏакъираб хӏалалда учитель киданиги вукӏинчӏин. Цогидаз, гьелъул гӏаксалда, бицуна гьанжесел учительзабаз цӏалдохъабазе камилаб лъай кьоларин ва гьел мустахӏикъалги ругин хӏакъир гьаризеян.\n«Ургъизе тӏамулел руго»\nУчителасул харжалда тӏасан бахӏсал байбихьана улкаялъул президентасул «маялъул указаздаса» хадуб. Гьезда рекъон, учителасул харж бащалъизабизе кколаан регионалъул экономикаялда бугеб гьоркьохъеб харжалда. Дагъистаналъул учительзабазул харжал бищунго дагьал ругин абула. Щайгурелъул гьечӏо республикаялда хӏалтӏулел заводалги фабрикабиги, ай гьечӏо экономикаго. Амма ахирал соназда республикаялъул нухмалъиялъ гьоркьоса къотӏичӏого бицунеб буго экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ нилъ церехъабазул кьерде кканилан. Цебетӏеялда рекъараб букӏине ккелаан жамгӏияталъул хӏалги, хӏатта цӏикӏкӏине ккелаан учительзабазул харжалги. Официалиял баяназда рекъон, гьел «цӏикӏкӏунги» руго. Гьечӏелани, улкаялъул президентасда бицинаанищха, «маялъул указал» тӏуразарулел ругилан? Амма учителасе щолеб хӏакъикъияб харжги официалиял баяназда бихьизабулеб гьелъул къадарги кинго рекъонкколаро.\n«Учительская газеталъул» сайталда ругел батӏи-батӏиял регионаздаса педагогазул пикраби цӏалараб мехалда, нилъер учительзабаздаса лъикӏал харжал гьезиеги щолареблъи бихьулеб буго. Рехселин цо чанго мисал. Ульяновскалдаса педагогас хъвалеб буго: «Учителасе 33 азарго гъуруш щолин кьолел баяназда ракӏрекъоларо. Дир буго тӏадегӏанаб категория. Кьола гӏурус мацӏалъул дарсал – дихъ буго 22,5 сагӏат. Классалъул нухмалъи гьабуларо. Тетрадазул халгьабуралъухъ (щибаб къойил – 59 тетрадь) дие кьола 680 гъуруш. Дихъ ругел сагӏтазулги тӏаде кьолеб гъирабазабиялъул бутӏаялъулги хӏисаб гьабун, щола 14000 гъуруш. Кинабго тӏатӏала жубани, ккола 14680 гъуруш.\nСтавкаялдаса цӏикӏкӏун дарсалги, тӏадегӏанаб категорияги… Учителасул ставкаялъухъ кьола 6900 гъуруш. Техничкаялъе щола – 7800 гъуруш. Нужецаго пикру гьабе…»,-ян.\nСаратов областалъул росдал школалъул учительги гӏажаиблъизавун вуго официалиял баяназда рехсолел харжаз. «Цӏалана Саратов областалда учителасул харж бугин 23035 гъуруш. Нижее киданиги щвечӏо гьедигӏанасеб гӏарац. Дир буго тӏадегӏанаб категория, буго дихъ 32 сагӏатги. Моцӏрое щола 18489 гъуруш. Гьебги – дие кьолеб гъирабазабиялъул бутӏаги, цогидал тӏадежураялги малъун. Гъоркьиса азарго гъурушалъ цӏикӏкӏун щолаан. Цогидал учительзабазул харжал руго диралдасаги дагьал. Пашманлъула дун: хӏалтӏизе чи гьечӏониги, дунги ине ккела школалдаса нахъе. Росабазул школал лъиениги хӏажат гьечӏо», – ян хъвалеб буго гьес.\nЛъабгогун бащдаб ставкаялда…\nКин чӏезабулеб учителасе моцӏрол харж? Масала, кинаб бугониги идараялъул хӏалтӏухъанасул хӏалтӏул къо чӏезабун букӏуна, анкьил 40 сагӏатги хӏисабалде босун. Учителасе абуни, харж чӏезабула 36 сагӏатги кьочӏое босун. Гьелда гьоркьосаги, педагогасул ставкаян абун, хӏисабалде босула 18 сагӏат. Гьелъухъ чӏезабула харжги. Хутӏарал сагӏтазухъги аслияб хӏалтӏуде тӏаде гьабураб ишалъухъги учителасе тӏаде журала гъуршал. Гьедин учителасул харж бахуна пуланаб роценалде. Масала, Владимиралда ставкаялъухъ кьола 5080 гъуруш (официалияб баяналда рекъон – 23 азарго); Ульяновскалда – 6900 (официалияб баяналда рекъон – 26 азарго); Москва областалда – 15000 (официалияб баяналда рекъон – 67000), Махӏачхъалаялда – 8102 гъуруш (официалияб баяналда рекъон – 29000).\nРФялъул президентасул указаздаса хадуб школаздаги лъайкьеялъул цогидал идарабаздаги байбихьана улкаялъул нухмалъулесул буюрухъ тӏубазабизе. Гьеб мурадалда, лъайкьеялъул идарабаздаса нахъе ритӏана гӏемерал педагогал. Цӏалдолезда ракӏалда батила, нилъер росабазул школазда психолог-педагог абураб штат къокъ гьабураблъиги, социалияв педагог, пионервожатый ва цогидал хӏалтӏухъаби нахъе ритӏараллъиги. Гьезие кьолел рукӏарал харжал хутӏизе кколаан школалъул бюджеталда ва, гьелги педагогазда гьоркьор рикьун, цӏикӏкӏинабизе кколаан учителасул харжги. Харжал цӏикӏкӏинареян лъазабун гурони, школалъул харжазул бюджет хисизабун букӏинчӏелъул, лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулезда батун букӏана указал тӏуразариялъе гьединаб нух. Амма, учительзабазул пикрабазулгун лъай-хъвай гьабураб мехалда, бихьулеб буго гьел хиса-басиязулги лъикӏаб хӏасил ккечӏеблъи.\nХаржаздаса разигьечӏолъи загьир гьабулеб буго вузазулги, колледжазулги, школазулги педагогаз. Масала, педколледжалъул преподаватель Инессаца хъвалеб буго: «Педколледжалъул нухмалъиялда цебечӏун буго моцӏрол харжал цӏикӏкӏинариялъул масъала. Гьезда батана гӏакъилаб нух: ставкаялдаса дагьалъ цӏикӏкӏун сагӏтал ругел преподавателал гьез ритӏулел руго цоги махщалие цӏализе. Гьелъул мурадги буго, кӏи-кӏи ставка щивасухъ гӏезаби. Масала, дун ккола филологиял гӏелмабазул кандидат. Дида абулеб буго этнографиялъул яги ОБЖялъул специализациялъе цӏалеян», — илан.\nУчительзабазул масъалаялъул хӏакъалъулъ бицана Россиялъул парламанталдаги. Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги комитеталъул председателасул заместитель Олег Смолиница парламенталъул данделъиялда абуна: «Улкаялъул 75 регионалда тӏуразарулел гьечӏо харжазул хӏакъалъулъ президентасул указал. Учительзабазул харжазул кӏудияб батӏалъи буго регионазда: гьоркьохъеб хӏисабалда, анкьида жаниб 28 сагӏтихъ гьезие щола 20 азаргоялдаса 96 азаргоялде щвезегӏан гъуруш. Дир пикруялда, чӏезабизе ккола улкаялдаго гьоркьохъеб харж ва лъайкьеялъул хӏакъалъулъ стратегиялда хъвазе ккола гьеб бугин цо ставкаялъухъан», — илан.\nГьеб пикру къабул гьабиялдаги божилъи гьечӏо учительзабазул. Гьединлъидал учительлъун цӏализе унел гӏолилалги дагьлъулел руго. Диплом щварал гӏолохъанал учительзаби школалде хӏалтӏизеги унарого руго. Школалде унел руго батӏияб ишалде машгъуллъизе бажари гьечӏелги, рескъотӏиялде ккаралги, жидерго загӏипаб лъай бугелги гӏолохъанал махщелчагӏи.\nГьелъие нугӏлъи гьабула статистикиял баяназ. Масала, гьабсагӏаталда Махӏачхъалаялъул №26 школалда хӏажат вуго байбихьул школалъул анцӏгониги учитель. Цӏалун рахъарал учительзабазул лъаялде божилъи гьечӏолъиялъ, хӏалбихьи бугел цо-цо учительзабазухъе кьун буго кӏи-кӏи класс. Учитель тӏубараб къоялъго хутӏулев вуго школалда. Гьесул заман гӏоларо кваназецин. Свакан, тату хварав учитель рокъове щвараб мехалдаги, хӏухьбахъизе заман гьечӏого, хӏажатавлъун кколев вуго цӏалдохъабазул тетрадазул халгьабизеги цӏиял дарсазде хӏадурлъизеги. Сордо-къоялъ хӏалхьи гьечӏеб хӏалтӏул хӏасилги кинабха букӏинеб…\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "668-l-ie-shchveze-gechieb-l-imalazul-posobie", "url": "https://hakikat.info/?nationals=668-l-ie-shchveze-gechieb-l-imalazul-posobie", "title": "Лъие щвезе гьечӏеб лъималазул пособие?", "date": "2017-12-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Эбелалъул капитал», тӏоцебесеб лъимер гьабидал кьолеб гӏарац ва цогидалги бигьалъаби\nАлхар цӏар лъеялъул бицен\nГӏандадерил росабалъ бицуна гьеб хӏор бугеб бакӏалда чанго нусго соналъ цебе Алхар абулеб росу букӏун бугилан. Гьез лагълъи гьабулеб букӏун буго бакъуе, цӏадуе, лъадае ва хӏанчӏазе. Гьел бусурман гьаризе ялгъузаб ретӏел-хьитгун гьардухъан хӏисабалда вачӏун вуго Аллагьасул вали, караматлъи бугев шайих. Рагьдухъе гьев вачӏаравщинас тӏаде гьаби тӏамун, ганчӏал речӏчӏун хӏакъир гьавун нахъе къотӏун вуго. Цо херай гӏаданалъ ракӏгурхӏун рокъовеги вачун гьоболлъи гьабун буго. Унеб мехалъ шайихас хералда абун буго метер гьаб росуги тун, нахъе айин абун. Гьес Бетӏергьанасда гьарун буго, гьал вахӏшиял мунапикъзабазул росдаде балагь рещтӏинабейин. Гьелдаса хадуб зобалги гъугъан, пасатго тӏупан тӏун цӏадги бан, гьеб росу лъелъ гъанкъун буго, гӏадамалги ччугӏбузде сверун руго. Гьеб росдал цӏар бугин абула хӏоралда лъунги.\nГӏандадерил хӏор буго Болъихъ районалъул ва Чачаназул Чеберлоевск районалъул гӏорхъода, ралъдал гьумералдаса 1869 метралъ борхалъуда. Гӏалимзабаз чӏезабулеб буго гьеб хӏор ракь багъариялдалъун лъугьараб бугилан.\nРакь бикьиялъул законалда рекъон, хӏорил лъабго бутӏа гьабун кӏиго бутӏа буго Дагъистаналъул ракьалда. Хӏорихъе Чачаналдаса, Веденоса гьенибе бачӏунеб нухги буго нилъер ракьалдаса. Хӏарами габурлъухъе щолаго батулеб Цӏорораб иццухъан кваранидехун сверидал, лъабго километр буго хӏорихъе, квегӏидехун нух уна Гӏандибе, Болъихъе.\nХӏорил гӏатӏилъи бащалъула 2,4 квадратияб километралда, гъварилъи 74 метралда. Гьебго заманалда руго жеги гъварилъи чӏезабизе кӏвечӏел гвендалги. Севералдаса югалдехун хӏорил халалъи буго кӏиго километр, бакътӏерхьудаса бакъбаккудехун — кӏиго километргун анкьнусго метр. Цо-цо бакӏазда хӏорил гӏеблъи бахуна 735 метралде, хӏорил гор сверун рагӏалалъул халалъи бащалъула анцӏго километралда.\nСевералъул рахъалдаса хӏорихъе бачӏунеб буго Харсум, бакъбаккул рахъалдаса — Кауха абулел гьитӏиналго лъарал ва сверухъ ругел щобаздаса рачӏунел иццазул лъинал. Аслияб къагӏидаялда хӏорихъе лъим ракьулъа бачӏунеб буго. Хӏорихъа гъоркьан бецӏцӏун унеб лъим ккола Ансалтӏа лъарал байбихьиги. Хӏорил рагӏаллъаби руго лабалал, буччарал харица рахчарал. Риидалил гӏужалда гӏидрадул мугӏрузда рукӏуна гӏандадерил гӏиял рехъаби.\nХӏорил лъим буго бацӏцӏадаб, тӏасан балагьун гвангъараб хъахӏиллъиялъул, зодилкьераб. Риидал лъел хинлъи бахуна 17-18 градусалде, гъварилъуда — 7-8 градусалдаса тӏаде бахунаро. Хасало гьелда тӏад цӏер къала, цебе гьелъул бицалъи 65-80 сантиметралде бахунаан, гьанже, абухъего дунялалдаго хинлъиялъул асар цӏикӏкӏунеб букӏиналъ, цӏорол бицалъи лъеберго-кӏикъого сантиметралдаса тӏаде унаро. Риидал цӏадал хӏалакараб заманалда хӏорил лъим анлъго-микьго метралъ тӏаде бахуна, хаслихъеялде букӏараб гӏорхъиялде ккола. Хӏорихъ гьарзаго буго масакӏ ччугӏа. Гьелъул бецӏаб кьералъул хьалбазда, накъиш чӏвараб гӏадин, руго багӏарал тӏанкӏал. Хӏорихъ дандчӏвала голавль, пескарь тайпаялъул ччугӏбиги.\nГӏандадерил хӏор —\nтуристазул маршруталда\nМугӏрул щобазда гьоркьоб букӏун гьури къанагӏатаб, карачелал гьечӏеб ралъдал гьумералдаса кӏиазариде гӏагарараб борхалъиялда бугеб мугӏрузул хӏор букӏун дандекколеб букӏиналъ, араб гӏасруялъул лъабкъоялда анцӏабилел соназда гьенире тренировкаби гьаризе бачӏунаан академикияб греблялъул рахъалъ байдарка ва коноялъул СССРалъул тӏасабищараб команда. Чачаназул рахъалда гьениб букӏана туристазе бараб комплексги базаги. Советияб заманалда Гӏандадерил хӏорихъ бугеб турбаза букӏана, Дагъистаналъул киналго турбазабазда хӏухьбахъиги гьабун, Чечено-Ингушетиялдехун унеб маршрут байбихьулеб базалъун.\nГьенире туристал рачӏунаан Тӏандадерил хӏорихъ букӏараб «Болъихъ» туристазул базаялдаса. Гӏандадерил хӏоргӏан кӏудияб гьечӏониги (гьеб хӏоралъул буго жеги кӏиго цӏар – Арджи ва Гьитӏинаб масакӏалъул хӏор), гьениб букӏана туристазе киналго шартӏал ругел кӏитӏалаял коттеджал, хӏоралда тӏад тира-сверизе катамаранал ва гьел гурел цогидалги квегӏенлъаби. СССРалдасаго туристал рачӏунаан гьенире.\nГьанжейин абуни гьеб чӏунтизе тун буго, цебе гьениб туристазул база букӏанин абизе лъалеб лъалкӏцин хутӏун гьечӏо.\nГӏандадерил хӏорихъ цебе букӏараб базаги къачӏан, тӏадеги бакӏалги ран, чачаназ гьениб бана 1200 квадратияб метр гӏатӏилъи бугеб спортивиябгун туристазул комплекс. Риидалил заманалда къокъаби гьарун хӏухьбахъизе рачӏарал туристаз цӏун букӏуна хӏорил рагӏал. Туристаз экскурсиял гьарула сверухъ ругел мугӏрузде, цере некӏсиял росаби рукӏарал бакӏазде, русбузда лъедола, ччугӏа ккола. Гьениб аскӏобго буго 1972 соналда СССР гӏуцӏаралдаса 50 сон тӏубаялъул хӏурматалда Дагъистан АССРалъул ва ЧИАССРалъул гӏолилаз Гӏандадерил хӏорихъ тӏобитӏараб фестивалалъул гӏахьалчагӏаз Дагъистаналъул рахъалда чӏараб накӏкӏил рохьги. Гьитӏинабго бакӏалда чӏун рукӏарал гъутӏбузул, Болъихъ рохьил магӏишаталъ гьабураб тӏалабалдалъун, лъеберго гектаралъул рохь гӏун буго. Туристал гьениреги уна тира-сверизе гурелги, гӏурдахӏан, гӏисинпихъ бакӏаризеги.\nГьебго заманалда, абизе ккола, хӏорил рагӏаллъиялъул цӏикӏкӏараб рахъ Дагъистаналъул бугониги, нилъераца гьелдаса пайда босиялъе щибго гьабулеб гьечӏо. Гьанже республикаялда туризм цебетӏезабиялде кӏвар кьезе байбихьун бугелъул, хьул буго Гӏандадерил хӏоралде пикру буссинабилин.\nТарихиял\nлъугьа-бахъиназул нугӏ\nТарихалда бихьизабухъе, Гӏанди хӏор ва жибго Гӏанди росу букӏана некӏо заманалдаса нахъего кӏвар бугел суалал дандразе, гӏагараб ракьалъе хӏинкъи бугеб мехалъги, цогидалги политикиялги жамгӏиялги ишазул рахъалъ магӏарулал ракӏарулеб бакӏлъун.\nХӀII гӏасруялда монголазул аскарал Гелбахъалдаса, Гумбеталдаса Гӏанди мухъалде рачӏунелъул, магӏарулал, чачанал, гъалгъаял Гӏанди хӏорихъ данделъана ахӏичӏев гьоболасде данде рагъизе. Амма къуват цӏикӏкӏараб букӏиналъ нухда дандчӏваралщиналги талавур гьарун, монголал церехун ана.\nЧан гъуруш кьезе бугеб?\nУлкаялъул президент Владимир Путиницаги РФялъул захӏматалъул министр Максим Топилиницаги чанцӏулго бицана, 2018 соналъул тӏоцебесеб январалдаса хадуб гьабураб лъимералъухъ кьолеб пособиялъул къадар хисизабизе бугин. Хиса-баси гьабизе буго 1,5 лъагӏел базегӏан лъимадухъ кьолеб гӏарцулги. 2017 соналъул 31 декабралда гьабураб лъимадухъ цӏияб пособие кьезе гьечӏо.\nПособиялъул роцен чӏезабизе буго, щибаб регионалда бихьизабураб лъимералъул гӏумруялъе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралда рекъон. Гьеб къадар къабул гьабуна 2017 соналъул кӏиабилеб кварталалда. Щибаб субъекталда чӏезабун буго жиндирго роцен. Масала, Ненецк округалда гӏумру гьабизе лъимадуе гӏолеблъун рикӏкӏуна 21973 гъуруш, Саратов областалда – 9159 гъуруш, Дагъистаналда – 9774 гъуруш. Гьеб гӏарцуда рекъараб къадаралда кьезе буго пособиеги щибаб субъекталда.\nЛъие кьезе бугеб?\nЦӏияб пособие киназего кьезе гьечӏо. Гьеб кьеялъе кьочӏое босула гӏумру гьабиялъе гӏолеб добго гӏарац, амма лъималазул гуреб, гьезул эбел-инсул, ай хӏалтӏизе бажарулел гражданазул. Гьебги батӏи-батӏияб буго щибаб регионалда. Масала, добго Ненецк округалда чӏезабун буго 21844 гъуруш, Саратов областалда – 9159 гъуруш, Дагъис-таналда – 9922 гъуруш. Цӏияб пособие кьезе буго, хъизамалда вугев щивав чиги рикӏкӏун, гьоркьохъеб къадаралда гӏумру гьабизе гӏолеб гӏарцул къадаралъул цогун бащдаб яги кӏиго бутӏа щивасе щолеб гьечӏони. Масала, эбелги, эменги, цо лъимерги бугеб хъизамалъул хайир букӏине ккола: Ненецк округалда – 98298 гъуршидаса дагьаб, Саратовалда – 41215,5 гъурщидаса дагьаб, Дагъистаналда – 29618,3 гъуршидаса дагьаб. Нагагьлъун гьеб гӏарцул къадар щуго гъурушалъниги цӏикӏкӏани, гьединаб хъизамалъе пособие кьезе гьечӏо.\n«Хӏалтӏун бажарулев чиясе гӏумруялъе хӏажатаб гӏарцул гьоркьохъеб къадар улкаялда бащад гьабун буго 11 азарго гъуршида. Цӏияб пособие щвезе ккани, лъабго чи вугеб хъизамалъе моцӏрое къваригӏине буго 50 азарго гъуршидаса дагьаб хайир. Гӏемерисел гӏолохъанал хъизамазе гьеб гӏарац щоларо. Гьединлъидал гьезие цӏияб пособие щвеялде хьулги буго», – ян абуна Пачалихъияб Думаялъул депутат Ольга Баталиналъ.\nКин рикӏкӏине бугеб\nхъизамалъул хайир?\nКигӏанасеб заманалъул хайир кьочӏое босизе бугеб, лъимадуе пособие чӏезабулеб мехалда – араб лъагӏалилищ, кварталалъулищ яги ахирисеб моцӏролищ? Гьеб рикӏкӏиналъе квалкваллъун букӏине бугищ дагьалъ цебе эбелалъе кьураб декреталъухъги гьелда цебеккун кьолеб букӏараб моцӏрол харжги? Эбелалъе щолеб хайирлъун, лъимер гьабун хадуб, хутӏула гӏицӏго хӏалтӏулаго чӏезабун букӏараб харжалъул 40 процент. Гьебищ босизе бугеб пособиялъе кьучӏлъун? Кинаб роцен кьочӏое босилеб? Гьелда тӏад ургъулеб буго гьабсагӏаталда хӏукумат.\nМасъала тӏубазабиялъе гьадинаб нух бихьизабулеб буго РАНалъул Халкъазул социалиялгун экономикиял масъалабазул институталъул лабораториялъул нухмалъулев Вячеслав Боковас: «Щибго цӏияб жо ургъизе кколаро. Буго пачалихъияб социалияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ закон. Гьелда хъван буго, хъизамалъе кумекалъе пособие кьеялъул мурадалда, гьелъие щолеб цадахъаб хайир чӏезабиялъул къагӏида. Буго хӏисабалде босизе кколеб хайиралъул тайпабазул сияхӏги. Гьезул цӏидасан халгьабула щибаб кварталалда. Гьебго къагӏида хӏалтӏизабула лъабабилеб лъимер гьабурал хъизамазе пособие чӏезабулеб мехалда регионазги – щибаб кварталалда хъизамалъ ракӏаризе ккола жидее щолеб хайиралъул хӏакъалъулъ справкаби. Гьедин гьабизе бегьула цӏияб пособие кьолеб мехалдаги. Дида бичӏчӏула, моцӏрое 10-15 азарго гъурущ щвеялъул мурадалда, хъизамаз балъго гьабизе рес буго жидее хӏакъикъаталда щолеб хайир. Амма, улкаялда гӏадамал цӏикӏкӏинариялъе гӏоло ва хъизамазе кумек гьабиялъул мурадалда, дир пикруялда, низам цӏакъго кьваризабичӏониги бегьула».\nКида байбихьизе бугеб пособие кьезе?\nЛъимер гьабураб къоялдасагойищ байбихьулеб пособие кьезе, яги гьеб кьеян гӏарза хъвараб къоялдаса нахъейищ, ялъуни киналго хӏажатал документал ракӏарун хадубищ? Гьел суалазеги жаваб батизе ккола хӏукуматалъ гьаб гӏагараб заманалда жаниб.\nДепутат Баталиналъ абулеб буго, пособие кьезе кколин, лъимер гьабураб къоги кьочӏое босун, ай лъабго моцӏидаса документал хӏадурун рахъаниги, лъабабго моцӏрол пособие цадахъго кьезе кколин. Гьебго пикруялъул рахъккола Вячеслав Боковасги. «Гӏолохъанал хъизамазе бигьалъи гьабизе ккола, гьел тӏамизе бегьуларо рекерахъдизе, гӏемерал справкаби ракӏаризе, ай пособие щвеялъул масъала бакӏлъизабизе бегьуларо. Пособиеги кьезе ккола лъимер гьабураб къоялдасанго», — ян абуна гьес.\nЭбелалъул капитал\nХъизамалъе моцӏрое щолеб гӏаммаб хайиралъул хӏисабги гьабун, кӏиабилеб лъимер гьабурал хъизамазе кьезе буго эбелалъул капиталги. Гьенибги кьочӏое босизе буго 2017 соналъул кӏиабилеб кварталалда регионалда чӏезабураб моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул роцен. Эбелалъул капиталалдаса щибаб моцӏалъ гӏарац щвезе бегьула, тӏоцебесеб лъимер гьабураб хъизамалъе кьолеб пособиего гӏадин. Гьеб щвезе мустахӏикъаблъун бугищ нужер хъизамали, нужецаго хӏисаб гьабе.\nЛъабабилеб лъимадухъ пособие\n2018 соналда лъабабилеб лъимер гьабурал хъизамазе хасаб гӏарац кьезе буго 60 регионалда. Гьеб бащалъула регионалда чӏезабураб лъимадуе моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул роценалда. Кинал хъизамазе гьеб кьезе бугебалиги чӏезабула субъекталъ. Кьочӏое босула добго гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул роценги хъизамалъе моцӏрое щолеб гӏаммаб хайирги. Мухӏканлъи цӏехезе бегьула социалияб рахъалъ гӏадамал цӏуниялъул отделалда яги МФЦялда.\nМадихӏат Хӏажиева"}
{"slug": "683-talikhialde-nutsia-raguleb-kiul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=683-talikhialde-nutsia-raguleb-kiul", "title": "Талихӏалде нуцӏа рагьулеб кӏул", "date": "2017-12-22 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Чӏужугӏадан гӏолохъанго йигебгӏан, ЭКОялъул хӏасилги лъикӏаб ккола\nЩибаб анлъабилеб хъизан\nГӏемерал лъимал гьарулеб бакӏлъун Дагъистан рикӏкӏаниги, нилъер гьанибги соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго лъимал гьаруларел хъизамазул къадар. Лъимал гьарулеб ригьалда бугеб щибаб анлъабилеб хъизамалъе гьабулеб гьечӏо лъимер.\nЖакъайин абуни лъимал гьаруларезе рес буго пробиркаялда жаниб бихьинчиясулги чӏужугӏаданалъулги жинсиял клеткаби цолъизарун лъугьараб хьонтӏи чӏужугӏаданалъул тӏончӏорокъобеги биччан, гьелъ лъимер гьабулеб хӏал лъугьинабизе. Гьелда абула ЭКОйилан, ай экстракорпоралияб оплодотворение абун. Дагъистаналда гьелъие ругел ресазул, тохтурзабазул махщалил ва церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицун, дица гара-чӏвари гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, республикаялъул хъизан цӏуниялъул ва репродукциялъул централъул отделениялъул заведующая, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул репродуктивияб сахлъиялъул штаталда гьечӏей бетӏерай специалист Муъминат Хархаровалъулгун.\n«Нижер отделение хӏалтӏизе байбихьана 2010 соналда. 2013 соналде щвезегӏан тохтурзабаз унти чӏезабулаан, лъимер гьабунгутӏиялъе ругел гӏунгутӏаби сахгьарулаан ва тӏадегӏанаб технологиялъул кумек хӏажатал чагӏи ЭКО гьабизе Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазде ритӏулаан. Гьелъие аслияб гӏилла букӏана отделениялда ЭКОялъе къваригӏунел алатал гьечӏолъи. 2012-2013 соназда отделение хьезабуна гьаб заманалъул алатаздалъун ва байбихьана ЭКОялъул операциязде. 2012 соналда отделениялъул специалистаз гьабураб ЭКОялъул хӏасилалда гьабуна тӏоцебесеб лъимер. 2014 соналда отделениялда байбихьана генетикияб материал нахъе цӏунизе ва хӏалтӏизабизе. Цӏорозабун, нахъе цӏунараб хьонтӏиялдаса лъимер лъугьана гьединго, суррогатияб эбеллъи абулеб программаялъул баракаталдалъун тӏоцебесеб лъимер гьабуна. 2015 соналда цӏорозабураб жинсияб клеткаялдаса тӏоцебесеб хьонтӏи лъугьана ва лъимер гьабуна», — ян бицана М. Хархаровалъ.\nЧӏобого гьабизе рес щвана\n— Гьел соназда жаниб Дагъистаналда чан хъизан талихӏаблъун лъугьараб?\n— 2013 соналда нижер отделениялда ЭКОялъул кумекалдалъун яс гьаюна. Гьей ккола Дагъистаналда пробиркаялдалъун гьабураб тӏоцебесеб лъимер. Жакъа къоялде нижер кумекалдалъун гьабун буго 250 лъимер, гьабизе хӏадурулеб буго жеги 80 лъимер.\n— ЭКО хираго чӏолищ?\n— ЭКО учузго чӏезе рес букӏунаро. Гьелъие къваригӏуна хириял препаратал, хьонтӏи гӏезабулеб тӏабигӏат, гьаб заманалъул алатал ва лъайги махщелги бугел специалистал. Тохтур-эмбриолог хӏадуризе гӏемераб заман уна, ва гьеб хӏалтӏи Россиялъул клиникабазда гьабун тӏубаларо.\nЖакъа мискинал хъизамазеги рес буго ЭКО программаялъул кумекалдалъул сахгьаризе. 2013 соналдаса байбихьун, РФялда ЭКО ОМСалъул программаялде гьоркьобе бачана. Гьединлъидал лъимер гьабулареб хъизамалъул ихтияр буго ОМСалъул фондалъул харжаздасан чӏобого ЭКО гьабизе.\n— Чӏобого ЭКО гьабизе бокьарас киса босизе кколеб направление?\n— 2012 соналъул 30 августалда къабул гьабураб РФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул №107н «О порядке использования вспомогательных репродуктивных технологий, противопоказаниях и ограничениях к их применению» абураб буюрухъалъул тӏалабалда рекъон, лъимер гьечӏого букӏиналъе рос-лъадуе бугеб гӏилла тӏатинабизелъун, цӏех-рех гьабизе ккола гӏумру гьабун гьел ругеб бакӏалъул медицинаялъул идараялда, руччабазул консультациязда, Хасавюрт ва Дербент шагьаразул «Хъизамалъул ва репродукциялъул план гьаби» абулел центразда. Гьединаб хъизан нижер централде бачӏине бегьула. Акушер-гинекологас гьарурал цӏех-рехаздаса хадуб, медицинаялъул документазул кьучӏалда хъвала выписка ва гьеб битӏула ДРялъул РЦОЗСиРялъул тохтурзабазул комиссиялде. Сахгьаризе кколин комиссиялъ хӏукму къотӏани, гьезул документал ритӏула ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялде. Гьениб гьединазул цӏар хъвала министерствоялъул сайталда бугеб электронияб сияхӏалда.\n— Лъагӏалида жаниб чан ЭКО тӏобитӏулеб?\n— Республикаялда соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго ЭКО-операциязул къадар. Масала, 2016 соналда нижеца ЭКО гьабуна 300 пациенталъе, 2017 соналда гьезул къадар 350 бахана. Гьайгьай, нижер отделениялъул хӏал гӏоларо ЭКО хӏажатал киналго чагӏи къабул гьаризе ва гӏемерисел ритӏула улкаялъул регионазул медицинаялъул центразде. Ниж разияб хӏалтӏи ккана, 2017 соналдаса нахъе Махӏачхъалаялъул руччабазул консультациязда гуребги, республикаялъул цоги шагьаразул ва районазул тохтурзабазги пациентал ЭКОялде хӏадуризе байбихьи.\nЭКОялъул цӏиял къагӏидаби\n— ЭКОялдалъун лъимер ккезе букӏиналда кинаб божилъи букӏунеб, ригьалда бараб жо букӏунищ?\n— ЭКОялъул хӏасил бараб букӏуна гӏемерал хӏужабазда. Гьайгьай, гьеб бараб букӏуна гьаб заманалъул алатаздалъун клиника хьезабиялъул даражаялда. Нижер отделениялда руго цӏиял медицинаялъул алатал, гьелъ рес кьолеб буго ЭКОялъе цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе. Нижеца кӏудияб кӏвар кьола специалистал хӏадуриялде, хӏаракат бахъула кӏванагӏан гӏемер конгрессазде ине, гьеб гуребги, лъайги махщелги борхизабиялъул курсазде ритӏула гӏолохъанал специалистал. Ахираб лъабго соналда жаниб отделениялъул тохтурзаби ана Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул центразде гурелги, Англиялъул, Даниялъул, Чехиялъул, Франциялъул, Италиялъул, Испаниялъул, Япониялъул, Сингапуралъул ва Бельгиялъул клиникабаздеги.\nКӏочене бегьуларо, чӏужугӏадан гӏолохъанго йигебгӏан ЭКОялъул хӏасил лъикӏаб кколеблъи. Гӏолохъанаб черхалъ кьола сахал ва лъикӏаб даражаялъул клеткаби, унтабиги гьезда дагьал гурони рукӏунаро.\nКиназего ва кидаго ЭКОялъухъа кумек гьабун бажарулин абулеб пикру мекъи буго. Цо-цо мехалъ нижехъе рачӏуна цӏикӏкӏараб ригьалде рахарал руччаби, гьезул чорхолъ жидерго жинсиял клеткаби лъугьунарого рукӏун, хӏалтӏизаризе ккола доноралъулал.\n— Рос гьечӏей гӏаданалъул рес бугищ ЭКОялдалъун лъимер щвезе?\n— Буго, рос гьечӏей гӏаданалъул ихтияр букӏуна ЭКОялдалъун лъимер гьабизе. Гьединал руччабазе нижеца рес кьола бихьинчи-донорасул хьон хӏалтӏизабизе.\nРосасда гьечӏел яги кинаб бугониги гӏиллаялдалъун жакъа лъимер гьабизе рес гьечӏел руччабазул санагӏалъи буго жидерго биологиял жинсиял клеткаби, нижер отделениялда цӏорозеги гьарун, нахъе цӏунизе ва бокьараб мехалда ЭКОялъе хӏалтӏизаризе. Дица росасда ругел руччаби ахӏулел гьечӏо лъимал гьари нахъе тӏамиялде. Амма, жакъа лъимер гьабиялъе кинабгӏаги квалквал яги къварилъи батани, гьезие рес буго, санагӏат ккезегӏан, жидерго генетикияб материал нахъе цӏунизе.\nАслияб мурад – хъизан цӏуни\n— Рес букӏунищ лъимадул жинс тӏасабищиялъе ва хьонтӏиялда рукӏине бегьулел ирсалъе кьолел лъикӏал гурел унтаби, гӏаламатал тӏатинариялъе цӏех-рехал тӏоритӏизе?\n— Жакъа рес буго, тӏончӏорокъоб лъелалде цебе, хьонтӏиялъул хромосомазул гӏунгутӏаби ругищали балагьизе. Гьелъ рес кьола лъалаго ЭКОялъул хӏасил лъикӏлъизабизе ва ирсалъе кьолел унтаби ккечӏого рукӏиналъе. Амма нилъер республикаялда жеги гьечӏо гьединал цӏех-рехал тӏоритӏулеб цониги генетикияб лаборатория. Гьел анализазе хӏажалъулел алатал цӏакъ хираго чӏола. Нижер отделениялда босараб биоматериал Санкт-Петербургалъул генетикияб лабораториялде цӏех-рех гьабизе битӏиялъул хӏакъалъулъ нижеца гара-чӏвариял гьарулел ругелдаса лъагӏел унеб буго. Хьул буго, кватӏичӏого гьеб масъала тӏубазе батилин абураб.\nХьонтӏиялъул жинс батӏабахъиялъе буго цо къагӏида, цӏех-рехал тӏоритӏун, гьениб Y-хромосома бугищ яги гьечӏищали балагьи. Медицинаялъул хасаб бихьизаби гьечӏони, РФлъул законалъ гьукъула хьонтӏиялъул жинс балагьиялъул цӏех-рехал тӏоритӏизе.\n— ЭКОялъухъа бажарулищ лъимал гьарунгутӏиялъул масъала тӏубазабун?\n— Улкаялдаго бугеб лъимал гьарунгутӏи гӏадаб кӏудияб масъала тӏубазабун ЭКОялъухъ бажаруларо. Нижер масъалалъунги кколаро ЭКОялъул кумекалдалъун Дагъистаналда лъимал гьарунгутӏиялъул бугеб ахӏвал-хӏал хисизаби. Нижеца, масала, лъимер гьечӏеб хъизан ЭКОялъул кумекалдалъун цӏунула.\nЭКОялдалъун гьарурал лъимал рикӏкӏуна рокьун гьарураллъун, гьединлъидал гьел тӏадчӏун гӏезарула, гьезул сахлъиялда ва лъаялда кидагосеб тӏадчӏей букӏуна. Гӏемерисел пациентал гьединал лъималги рачун, баркала кьезе нижехъе рачӏуна. Талихӏалъул цӏурал гвангъарал гьезул гьурмал рихьидал, нижгоги талихӏаллъун лъугьуна.\nНури Нуриев"}
{"slug": "684-mashidat-g-ajirbegova-gayuraldasa-90-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=684-mashidat-g-ajirbegova-gayuraldasa-90-son", "title": "Машидат Гъайирбегова гьаюралдаса — 90 сон", "date": "2017-12-22 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Цо дур мегӏерлъун те дун\nМагӏарул театралда данделъун рукӏана шагӏиралъул асарал рокьулел\nМагӏарул шигӏрабазул иргадулаб байрам байбихьана Машидатил гӏумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. Цӏидасанги гӏагараб миллатгун кӏалъана кӏудияй шагӏир. Гьенив кӏалъазе вахъарав Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас бицана шагӏиралъул хӏакъалъулъ. Тубхӏат Зургьаловалъ ракӏалдещвезаруна шагӏиралъулгун рукӏарал дандчӏваял, цӏалана Машидатил кучӏдул. Гьединго шагӏиралъул хӏакъалъулъ кӏалъаял гьаруна гьелъул хӏакъалъулъ тӏехь гӏуцӏарай Каримат Гъалбацӏовалъ, шагӏиралъул гӏагарав чи Денга Халидовас, районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовас. Адабияталъул байрамалда жигараб гӏахьалчилъи гьабуна республикаялъул районазул школазул цӏалдохъабаз. Гьез пасихӏго рикӏкӏана Машидатил кучӏдул. Балагьаразе кӏудияб асар гьабуна Унсоколо районалъул Генуб росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабазул церерахъиналъ. Гьез бихьизабуна Машидатица имам Шамилил хӏакъалъулъ хъвараб асаралъул кьучӏалда гӏуцӏараб спектаклялъул бутӏа — имамасул вас Жамалудинилгун дандчӏвай.\nМагӏарул кочӏохъабаз ахӏана гьелъул рагӏабазда кучӏдул. Байрам берцин гьабун букӏана шагӏиралъул рагӏабазда ватӏаналде букӏине кколеб кӏудияб рокьул хӏакъалъулъ хъварал кучӏдул ахӏараб чӏарадисезул бихьиназул хоралъ.\nГьал магӏарул кьурабаз кьабун цӏун буго дир ракӏ\nМашидат. Гьадинаб цӏар кьун буго шагӏиралъул 90 сонилаб юбилеялде магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул редакциялда гъоркь къватӏибе биччараб тӏохьое. Материал данде гьабун, гьеб бахъун буго шагӏиралъул гӏагарай гӏадан, шагӏир, журналист, Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель Каримат Гъалбацӏовалъ.\nТубхӏатил цеберагӏиялъ дида ракӏалдещвезаруна Машидатихъе цӏалдохъабиги рачун унел рукӏарал лахӏзатал. Суратаздасан цӏалдолезухъ ялагьун йиго тӏадегӏанай магӏарулай, магӏаруллъиялъухъ рокьи ккарай, гӏагараб халкъалдаги ватӏаналдаги жидер мегӏерлъун тейилан ахӏи балей хутӏарай шагӏир.\nДун кисаян гьикъани,\nКверги борхун абила,\nЛъол цӏвабзазде гӏагарал\nМугӏруздаса йигилан.\nМугӏрул щибан гьикъани,\nКъосинчӏого абила,\nКъвакӏиги гӏаданлъиги\nГӏемераб ракь бугилан.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "685-rakal-kola-ched", "url": "https://hakikat.info/?nationals=685-rakal-kola-ched", "title": "Ракьалъ кьола чед", "date": "2017-12-22 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Миллионал щоларо, амма нахгун чед камунги хутӏуларо\nСоветияб заманалдаса нахъего дида лъалаан Чӏегӏерчи Чӏегӏерчиев гӏадатияв инсан хӏисабалда гуревги, махщел бугев механизатор хӏисабалдаги. Гьабсагӏаталдаги 25 сон бараб Т-150 тракторгун гьев хӏалтӏулев вуго Богатыревка росдал «8 март» МУПалда ва гьелдаго цадахъ гьале 4 сон буго ижараялъе гьебго колхозалъул 100 гектар ракьалъулги босун (50 гектаралда ролъ ва 50 гектаралда люцерна), гьеб хӏалтӏизабизе лъугьаралдаса. Гьал къоязда дун дандчӏвана Чӏегӏерчигун ва гьесулгун гьабуна гьадинаб гара-чӏвари.\n— Жакъа, гьаб квачараб къоялъги мун авлахъалда хӏалтӏулев вуго. Гьанирго рихьулел руго бульдозергун экскаваторги…\n— Гьадинаб къоялъ хинаб бакӏалда чӏезе бокьарав чи хӏалтӏизе бегьула, радал 8-ялда ун, къаси 4-ялда вачӏун кабинеталда гӏодов чӏун тӏубазе бегьулеб хъулухъалда. Ракьалда хӏалтӏулев чи гьедин чӏун данде кколаро. Гьал руго цӏамхӏалал ракьал, гьел чуризелъун советияб заманалдаго бахъараб канал-коллектор бацӏцӏунел, къачӏалел руго бульдозергун экскаваторги.\n— Мун вуго 30 соналъ колхозалда хӏалтӏарав, хӏалбихьи бугев механизатор. Дуе бигьаго букӏинчӏищ, малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун колхозалда хӏалтӏун чӏезе?\n— Бигьаябщинаб гьабун чӏун данде кколарелъулха. Тракторалъул кумекалдалъун дица гьабула колхозалъул хӏалтӏи, гьеб букӏуна ихдал ва хасалихъе. Колхозалъул гаражалда гьабула махх регъолев чиясул хӏалтӏиги. Амма цохӏо гьел хӏалтӏабазухъ щолеб мухьалъухъ бетӏербахъи гьабунги хъизан-лъимал хьихьунги бажаруларо. Дие бокьула ракьалда хӏалтӏизе, гьеб бегизе, бекьизе, хьон хьазе, хьараб бижизабизе, гьединлъидал тӏаде босана гьаб ишги.\n— Кинал шартӏазда босараб ижараялъе ракь?\n— Ракь бегиялдаса байбихьун, тӏощел бакӏариялде щвезегӏан — кинабго хӏалтӏи (техника колхозалъул) гьабула дица. Моцӏрое чӏезабураб харж гьечӏо, колхозалъ мухь кьола ракь бегаралъухъ ва хьон хьаралъухъ. Дие щола бакӏарараб ролъул 7%.\n— Кинабха ккараб исана соналъул хӏасил ва щиб гьабизе ракӏалда бугеб тӏадеялъул?\n— Исана цо гектаралдаса бачӏана 26 центнер тӏощалил. Гьабсагӏаталда бугеб ахӏвал-хӏалги цебехун гьабураб кинабго хӏалтӏиги хӏисабалде босун, ракӏалда буго тӏадеялъул гӏага-шагарго 23-25-ялдаса дагь гьечӏеб центнер бакӏаризе.\n— Кинабго хӏалтӏи, кумекалъе чи гьечӏого, дуцаго тӏубан бажарулищ, ва сезоналъул заманалда, гьоркьохъеб хӏисабалда, кинаб бугеб дур хӏалтӏул къо?\n— Дун дове-гьаниве ине кколев вугони, боцӏудаса авлахъ цӏунизе вас витӏун гурого, къанагӏат гурони ахӏуларо кумекалъе чи. Гӏазу-цӏад бан гьава-бакъалъ гӏодор тун гурони, байрамкъоял-гӏодоркъоял авлахъалда хӏалтӏулев чиясул рукӏунаро. Радал 6-ялдаса, кватӏун ккани, 7-ялдаса къасилъизегӏан хӏалтӏула. Ракь бегулеб заманалда, къад 3-4 сагӏаталъ хӏухьбахъиги гьабун, рогьинегӏан хӏалтӏулеб мехги букӏуна. Хӏалтӏи хехго ва лъикӏ гьабурабгӏан, хӏасилги гьелда рекъараб букӏунелъул, дие лъицаниги чӏезабизе кколаро хӏалтӏул къо, лъицаниги хӏалтӏи гьабизе тӏамизеги кколаро.\n— Дур буго 25 сон бараб трактор. Кин бажарулеб гьеб хӏалтӏизе кӏолеб хӏалалда чӏезабизе?\n— Хӏалтӏуе кӏудияб квалквал гьабулеб хӏужа буго гьеб, техника басрияб букӏин. Чӏужугӏаданалъе хӏеренлъи бокьулин абухъе, гьебго бокьула техникаялъеги. Исана гьаб тракторалъ дица бегана ва хьон хьазе къачӏана ракьалъул 200 гектар. Хӏалгьабичӏого, къобихьизабичӏого хӏалтӏани, жиндир заманалда къачӏани, цӏунани, хӏалтӏичӏого букӏунаро басрияб бугониги техника. Тӏадеялъул дагьаб лъикӏаб трактор щвеялде хьул буго, гьеб тӏалаб гьабулеб буго колхозалъул нухмалъиялъги. Колхозалъул буго хер бецулеб косилка, кӏвана цӏияб сеялка босизеги. Букӏана Богатыревкаялда гектаралдаса 10-12 центнер бачӏиналъул щолебги заман. Исана цо гектаралдаса щвана — ролъул 26, пурчӏинадул — къогоялдаса цӏикӏкӏун центнер. Щибаб соналъ колхозалъ босизе кколаан 120-130 тонна кӏалцӏул, исана босизе кколеб хӏал гьечӏо. 90-абилел соназда гӏемерго нахъе кьабуна нижер колхоз, гьедин бугониги цоги бакӏазда гӏадин гьеб биххизе течӏо.\n— Техникаялъе запчастал, цӏатари буго хиралъун. Гьедин бугеб заманалда захӏмалъулеб гьечӏищ хӏалтӏи гьабизе?\n— Буго, мисалалъе, соляркаялъул багьа гӏагарлъулеб буго бензиналъул багьаялде. Бигьа гьечӏо хӏалтӏизе, амма, гьабуни, кӏола. Цӏикӏкӏарал багьаби ругониги, хаслихъе хьалел могьолал культурабазул бачӏин 20 центнералде бахани, мун къоларо. Берцинго хӏалтӏани, гьединаб бачӏин щвезе рес буго нилъер гьаниб.\n— Духъ бугеб 50 гектаралда бекьулеб люцернаялъул къисмат кинаб бугеб?\n— Люцернаялъулги буго добго хӏисаб — кинабго хӏалтӏи гьабула дица, къваригӏараб техника чӏезабула колхозалъ, гьениса бакӏарараб харил гӏаммаб къадаралъул 7 % щола дие. 20 гектаралда буго гъоркьиса ихдал хьараб люцерна, исана гьениса щвана, цо гектар рикӏкӏун, харил 4,5 тонна. 30 гектаралда люцерна дица хьана исана сентябрь моцӏалда.\n— Дур пикруялда, ракь лъил бетӏергьанлъиялда букӏине кколеб: гӏаммал магӏишатазухъищ яги бетӏергьабазухъищ?\n— Ракь букӏине ккола гӏаммал магӏишатазухъ. Богатыревкаялдаги руго гӏезегӏан чагӏи фермеразулал магӏишаталги гӏуцӏун, амма гьезда гьоркьов цо-кӏиго гурони гьечӏо ракь хӏалтӏизабулев чи. Хутӏарал руго, цере хӏалтӏизарулел рукӏарал ракьалги харибакӏазде сверизарун, гьениса щвараб херги бичун, разияб хӏалалда. Ракь хӏалтӏизабизе ккола, щиб бекьунги гьеб гӏадада тезе бегьуларо.\n— Росулъ ругел гӏемерисезул, шагьаразда ругезулго гӏадин, гӏарзал рукӏуна, хӏалтӏи гьечӏин абун. Битӏараб бугищ гьеб пикру? Дур хӏисабалда, ракьалде руссиналъул бугищ магӏна-пайда?\n— Кӏалдибе борта багӏаргӏечин чӏун ругони, гьеб бортуларо. Бортизе ккани, гъветӏ кӏобокӏунгӏаги, цо щиб бугониги гьабизе ккола. Хӏалтӏи гьечӏинги абун щибго гьабичӏого чӏун ругони, гьеб букӏунаро. Босе гектар, 10 гектар, бекье охцер-помидор, цогидаб, ай гьабе лъалес лъалеб, лъалареб, лъалесда гьикъун, лъазабе. Миллионал гьаниса рачӏунаро, амма нах бахараб чед камунги киданиги хутӏуларо.\n— Дуца 57 сонги бан бугелъул, хадубккун щиб гьабизе ракӏалда бугеб?\n— Гьаб хӏалтӏи телин абураб пикру цӏакъго добегӏан цун буго дица. Сахлъи-бажари букӏаго, вукӏина ракь хӏалтӏизабулев. Бикъизе дида лъаларо, бича-хисиялъул чиги дун гуро. Дие лъикӏ дида лъалеб ва бокьулеб, кигӏан къобихьун, гӏетӏтӏун гьабизе кколеб бугониги, дица гьабураб диего батулеб, Аллагьасдаги гӏадамаздаги гьоркьовги бацӏцӏадаб гьаб хӏалтӏи. Магӏарулаз абула, квер квализабураб бакӏалда цо жо камуларин абун, ракьалъ кьола чед…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "686-milliyab-khasl-i-tsiunuleb-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=686-milliyab-khasl-i-tsiunuleb-gechio", "title": "Миллияб хаслъи цӏунулеб гьечӏо", "date": "2017-12-22 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏодолъулеб буго Дагъистаналъул тахшагьар, амма гьелъул сипат, сурун гурони, берцинлъулебго гьечӏо\nШагьаралда гӏемертӏалаял минабиги, хӏухьбахъиялъул бакӏалги, квана-гьекъолел залалги ралеб мехалда, архитектуриял нормативалги эстетикияб искусствоги цӏуниялъул хӏакъалъулъ цо чанго суал кьуна нижеца архитектор, минабазул къватӏисел къадазул дизайнер, художник Сайгид Мухӏамадовасе.\n— Сайгид, Махӏачхъалаялда, къанагӏат гурони батуларо цоцада релълъен-хъвай бугеб кӏиго мина. Тахшагьаралъул архитектураялъе щиб къимат дуца кьелеб?\n— Мина базе байбихьарав чияс живго рикӏкӏуна архитекторлъунги, дизайнерлъунги, устарлъунги… Гьединлъидал кинаб тайпаялъул бакӏ базе бугебали, гьес лъиданиги дандбаларо. Абизе бегьула, гьединаб халгьаби гӏуцӏулеб идараги хутӏун гьечӏилан. Щивасда ракӏалда букӏуна, мадугьаласулалдаса лъикӏаб, цогидазда релълъинчӏеб бакӏги бан, жиндиего цӏар щвезе.\n— Гьезда рагӏи абуларищ шагьаралъул архитектураялъ?\n— Архитектураялъул комиссиялъ яги цогидаб идараялъ гӏицӏго къабул гьабула бан бахъараб бакӏ, хасго гьеб жалго бетӏергьанаб бакӏ бугони. Сверухъ ругел объектазда гьоркьоб гьеб рекъонкколищалиги халгьабуларо. Гьез бицунеб батила, минаялда хӏалтӏизарурал материалазул стандартал цӏуниялъулги, лъелгун газалъул мухъал рекъезариялъулги – гьеб иш дида лъаларо. Амма ранги рахъун къабул гьарурал минабаз тахшагьаралъул сипат тӏубанго хисизабун бугеблъи киназдаго бихьулеб буго.\n20 соналъ хӏалтӏулев вуго дун Махӏачхъалаялда. Кумек гьарун вачӏарав чиясда дица гьикъула щиб гьабизе ракӏалда бугебин мина бан бахъиндал. Ресторан батаниги, гостиница бугониги, тукен гьабуниги – щибаб объекталъул букӏине ккола гьелда рекъараб сипатги.\n— Шагьаралда объектал ралеб мехалда пачалихъалъул букӏунищ гӏахьаллъи?\n— Бюджетиял бакӏал ралеб мехалда гурони, букӏунаро. Школал, лъималазул ахал ралеб мехалдаги кӏочонеб буго, къватӏисеб рахъалъулги берцинлъи букӏине кколеблъи. Советияб заманалда щибаб балеб бакӏалъул гьабулаан экспертиза. Доб заманалда киналго бакӏалги ралаан пачалихъияб заказалда рекъон. Гьанже гӏемерисеб буго жалго бетӏергьанал компаниязухъ. Амма Россиялъул чӏахӏиял шагьаразда гьабсагӏатги биччаларо жидее бокьухъе бакӏал разе. Масала, Москваялда, Санкт-Петербургалда, Белгород областалда цониги бакӏ гьечӏо, ахирал соназда бараб батаниги, шагьаралъул сипат хисизабулеб хӏалалда бараб. Жигар бахъула къватӏалъул, майданалъул, шагьаралъул тарихияб сипат цӏунизе.\n— Сунда бараб бугеб шагьаралъул сипат цӏуни – улкаялъул законалдайищ, щибаб шагьаралъул администрациялъ къабул гьарурал законалъул актаздайищ, яги шагьаралда гӏумру гьабулел гӏадамазул пикруялдайищ?\n— Кинабго букӏине ккола законалде рекъон. Амма гьабулеб буго жидеего бокьухъе. Масала, Махӏачхъалаялда цебегоялдаса нахъе чӏобого хутӏун буго Гьудуллъиялъул минаялда аскӏоб бараб гӏемертӏалаяб мина. Берцинаб минаги буго гьеб. Амма къадаздаса къанал гъенезе байбихьун руго. Гьелда хьолбохъ машинаби лъалхъизаризе хӏинкъуледухъ лъугьун буго гьеб. Гӏилла, къадал берцин гьарулаго, нормативал цӏунунгутӏи. Дида, мисалалъе, кодобе босараб щибаб ганчӏил тарих лъала. Амма лъай гьечӏел гӏадамаз кинабго гьабулеб буго ракӏалде кковухъе.\n— Цоги кинал гӏунгутӏаби ругел, дур пикруялда, шагьаралъул архитектураялъул?\n— Цониги бакӏалда цӏунулеб гьечӏо нилъерго миллияб сипат. Умумуз ралел рукӏана берцинал, гӏасрабаз риххун унарел минаби. Щай бегьулареб Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги миллиял хаслъаби гъорлъ рессарал минаби разе? Бегьулаан, миллияб рукӏа-рахъин гӏуцӏизе рестораназда, гостиницабазда. Гьединал бакӏал гӏемер руго Россиялъул шагьаразда. Цӏунулеб гьечӏо бакӏалъул материалалдаса пайда босиялъул гӏадатги. Тӏабигӏияб ганчӏил бакӏалда, масала, хӏалтӏизарула гьанжезаманалъул технологиязул кумекалдалъун хӏадурарал материлал. Гьезул букӏунеб заралалъул пикруго гьабуларо.\n— Духъе проектгун вачӏарав чияс цебеккунго хӏисаб гьабулищ, пуланаб бакӏ балаго, кинаб материал хӏалтӏизабизе бокьун бугебали? Масала, гӏемер бицуна, букӏине кколелдаса тӏеренаб арматура хӏалтӏизабулин, хашаб цемент букӏунин, мехго балелде, гьел минаби риххизе байбихьулин.\n— Дир иш ккола, тӏабигӏияб ганчӏица бан бахъараб минаялъул къватӏисеб рахъ берцин гьаби. Гьединлъидал, дихъе вачӏарав чиясда дицаго бицуна, кинаб гамачӏги, цогидал алаталги дие хӏажалъулелали. Дица бицуна гьесда дирго пикру: гьаб рекъон гьечӏин, гьаб цоялъе гьадинаб материал босизе кколин.\n— Дур хӏалтӏухъабаз къачӏарал минабазул цонигияб бугищ Махӏачхъалаялда?\n— Нижер ахирисеб хӏалтӏи ккола «Россия – дир тарих» абураб музеялъул мина. Гьелъул гъоркьияб рахъ гьабуна Викри росулъа устарзабаз. Гьеб букӏана захӏматаб хӏалтӏи – сордо-къоялъ рукӏунаан гьенир. Каспийскалда, «Барзу» абураб рестораналда аскӏобги бан буго мина. Гьелъул къватӏисеб рахъ къачӏана кӏиго батӏияб стильги хӏалтӏизабун. Тахшагьаралъул ралъдал рагӏалда рарал бакӏалги къачӏана нижеца. Рукӏана Чачан Республикаялдасаги Россиялъул цогидал регионаздасаги заказалги.\n— Нужер хъулухъ хӏажат бугин вачӏарав чияс диплом бугищали цӏехолищ?\n— Гьеб цӏехола хадуб. Цин рачӏуна, цебеккун гьабураб хӏалтӏи бихьун хадуб. Гара-чӏварулаго, хӏалбихьула, дирги дир хӏалтӏухъабазулги кинаб бажари бугебали лъазабизе.\n— Гьабураб хӏалтӏухъ мухь кьечӏого яги кьезе бокьуларого рукӏунищ?\n— Дагъистаниял руго гьеб рахъалъ цӏакъал чагӏи. Нилъер щивасе кӏудияб кӏваралъул ишлъун ккола бацӏцӏадаб цӏар цӏуни. Лъиениги бокьуларо, пуланав чиясул хӏакъалъулъ квешаб хабар тӏибитӏизе. Гьединлъидалги батила, гьабураб хӏалтӏухъ букӏине кколеб заманалда кьола гӏарацги.\nГара-чӏвари гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "687-shkolaldasa-tiagiuneb-bugo-giadanl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=687-shkolaldasa-tiagiuneb-bugo-giadanl-i", "title": "Школалдаса тӏагӏунеб буго гӏаданлъи", "date": "2017-12-22 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Цӏалдохъабазул эбел-инсуда бичӏчӏулеб гьечӏо лъималаздехун учительзабазул бергьалагьи щай хисарабали\nМадугьалихъ ругел магӏарулазул вас хьвадулев вуго анлъабилеб классалде. Дагьалъ цебе ккараб гара-чӏвариялда гьесул эбелалъ дида абуна, цере гӏадал учительзаби хутӏунго гьечӏин школалда. Лъавукъалищ ругел, сундулъ хиса-баси ккарабан гьикъидал, гьелъ гьадин бицана: «Чанго соналъ цебе школа лъугӏана кӏудияв васас. Гьесул учительзабазда аскӏоре араб мехалда, гӏагарал чагӏигун дандчӏварал кинигин, роха-хинлъун лъугьунаан ниж. Гьанжейин абуни, пуланаб дарс дида бичӏчӏичӏин абун, цӏалдохъан аскӏове ани, гьез абула, дарсаздаса хадув хьвадеян жидеда аскӏове, гьадигӏан мухьги кьезе ккелин гьелъухъ. Нилъер лъималазухъа щвезе ругел гъуршазул гурони, хӏисабго гьабулеб гьечӏо жакъасел учительзабаз. «Гьев вуго нужер вас, школа лъугӏизегӏан, дица хӏехьон вуго гьев. Гьесие лъикӏал къиматал щвезе бокьун батани, нужецаго хӏаракат гьабизе ккола», — ян абула учительзабаз нижеда».\nМелги доскаги –\nкамилаб лъай кьолеб технология\nНилъ ругьунлъун руго, заманалде гӏайибазул гъегъ базе: заман хисун бугилан, цебе гьедин букӏунароанилан бицаризе. Учительзаби хисиялъе щиб гӏилла ккарабали цо мисалалдалъун халгьабилин. Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ Махӏачхъалаялда хӏалтӏулей йиго Меседу. Гьей ккола байбихьул классазул учительница. Хӏалтӏул хӏалбихьи гуребги, камилаб лъайги, лъималаздехун гьуинаб бербалагьиги бугей учительница йикӏиналъ, гьелъухъе лъимал кьезе бокьарал умумул гӏемерал рукӏуна. Учителасул тӏабигӏат хисиялда бан, гьадинаб пикру загьир гьабуна гьелъ: «Советияб школалда учителасул къадру кинаб букӏарабали такрар гьабизе ккеларо. Нижее рес букӏана тӏадаб ишалде машгъуллъизе, ай дарсазде хӏадурлъизеги, музеязде, театразде, шагьаралъул берциналги тарихиялги бакӏазде лъималгун сапарал гьаризеги заман гӏолаан. Гьанже нижедаса щибаб моцӏалъ, хӏатта щибаб къоялъцин тӏалаб гьарула батӏи-батӏиял кагътал. Абизе бегьула, хӏалтӏи тӏубанго сверун бугин кагътал хӏадуриялде. Балъго гьабун щай, гӏемерал соназги хӏалтӏун, рекӏехъе лъала дида щибаб дарсил тема, гьединлъидал, дарсил къокъаб план хъвалеб заманги букӏана. Гьанже квералъ хъварал планазде гӏей гьабун чӏоларо – букӏине ккола компьютералда рахъарал, кьер-кьерал суратаз берцин гьарурал. Школалдаса свакан тӏадюссарай дир хӏал букӏунаро хъизамалде регӏараб. Интернет хъирщизе ккола, иргадулаб дарсие «дахӏаби» хӏадурулаго, заман уна. Гьединал дарсазелъидал гьанже лъикӏаб къимат кьолеб бугеб. Лъималазул лъаялъул даража борцунеб шартӏлъун лъугьун буго технологиял хӏалтӏизари. Амма мелги доскаги гурони технологиял рукӏинчӏеб заманалда цӏалдохъабазул лъай камилаб букӏана», — ян.\nНормативияб документалда\nУчителасул гӏаданлъи букӏине кколин абун хъван гьечӏо цониги нормативияб документалда. Педагогасул хъулухъалъул хӏакъалъулъ хъварал кагътазда бихьизабун буго гьесул букӏине кколин камилаб лъайги гьеб лъай цӏалдохъанасухъе щвезабизе бажариги. Прессаялда гӏемер хъвала, учительлъун хӏалтӏизе бажарулев чи вугин гӏицӏго гьелде рекӏелъ рокьи цӏикӏкӏарав чи. Гӏурус мацӏалъул учительница Светланаца гьадинаб жаваб кьуна гӏаданлъи тӏагӏиналъул гьикъараб мехалда: «Учительги ккола чӏагояв чи. Анцӏ-анцӏ соналъ ракӏунтун, къасиги къадги хӏалхьи гьечӏого гьабулеб хӏалтӏи буго гьесул. Кинха гьев хисиларев? Гьединги хӏалтӏун, учителасе моцӏрое щолеб харжалъул пикру гьабеха. Гӏолохъанаб заманалда, лъималазде бугеб рокьуцаги бокьулеб пишаялде гъираялъги, батӏияб жоялъул пикру гьабулароан, сардал рорчӏунги хӏаракат гьабулаан. Сонал цӏикӏкӏанагӏан, тӏагӏунеб буго гъираги – баркала гьечӏеб, кири щолареб, жамгӏияталдаги нижер хӏалтӏул кӏвар бичӏчӏулареб иш гьабулеб бугилан пикру гӏемерлъула. Нужеда вихьанищ цониги хъулухъчи, учительго гӏадин, сардилъги жиндирго хӏалтӏуде машгъуллъарав? Гьебги Захӏматалъул кодексалда чӏезабураб заманалда гуреб, хӏалтӏудаса эркенаб мехалда. Гьединлъидал гӏаданлъи цӏунизе нижедаса тӏалаб гьабуге. Гьединаб рагӏи хъван гьечӏо цониги нормативияб документалда».\nЦӏалдохъабаздехун бербалагьи хисун буго Патӏиматилги (росдал школалъул учительница). Гьелъ бицана, цӏалдохъанасеги гьесул эбел-инсуеги камилаб лъай бокьун гьечӏони, гьеб кьун бажаруларила учителасухъаги. «Росабазул школазда хӏалтӏулел учительзабаз рекӏелъ жахӏдагун бицуна, шагьаралъул школазда ругел ишцоязе рес букӏунила цӏалдохъабазе мухьдахъ дарсал кьезеян. Росулъги рукӏун, киналго гӏага-божаралги ругеб мехалда, дарсаздаса хадуб щиб букӏаниги малъаралъухъ гьадигӏанасеб гӏарац кьеян абизе дида кӏоларо. Амма бербалагьи дирги хисана – бижана ургъел гьечӏолъи, бокьани – лъазабе, бокьичӏони – гьедин рукӏаян пикру гьабулей ятула дунги. Щай? Щайгурелъул хӏалгьабун дарс бичӏчӏизабизеги гьеб хӏажалъулеблъи рекӏелъ хъинтӏизабизеги цӏакъ захӏмалъулеб буго. Дида бадибчӏвай гьабиларедухъ хӏалтӏаниги бегьула жакъасеб школалда».\nЛъида бугеб гӏайиб?\nДир пикруялда, учителасулъа гӏаданлъи тӏагӏиналъе квербакъана цӏалдохъабазул эбел-инсуца. Гьебги – ЕГЭ кьезе байбихьараб заманалда. Киназего хӏажалъана жидер лъимал вузазде рорчӏизаризе. ЕГЭялъухъ цӏикӏкӏарал баллал лъеялъул мурадалда, байбихьана учителасе мухь кьезе. Киданиги божиларо, щибаб дарсида малъулеб жо ботӏролъе биччаларев цӏалдохъанас, дарсаздаса хадуб, анлъго сагӏаталъ школалдаги вукӏун, гьевго учителас мухьдахъ кьураб дарс гьесухъа лъазабун бажарулин абураб жоялда.\nЦоги гӏилла. Анцӏила хадуб соналъ учитель ругьун гьавуна, жив цӏалдохъанасе хъулухъалъе тарав чи кколин абураб пикруялде. Гьединал тӏалабал рукӏана лъайкьеялъул «цӏиял» хӏакимзабаз ургъун. Гьезда рекъон, «учителас кумек гьабизе ккола цӏалдохъанасе хӏажатаб лъай балагьизе», «учитель ккола цӏалдохъанасе лъайкьеялъул хъулухъ гьабулев чи». Ай, лъай кьезе гуреб, гьеб балагьизе тӏамизе ккола живго цӏалдохъан. Аслияб иш гьабулевлъун вукӏарав учитель ккезавуна щибали лъалареб бакӏалде. Бичӏчӏизе ккола, хъулухъалъухъ гӏарац кьезе кколеблъиги мухь кьечӏев чиясе хъулухъги лъицаниги гьабулареблъиги.\nЛъабабизеги. Цӏалдохъабазул умумулги руго гьанжезаманалъул гӏадамал, гьезда рагӏула школалда цӏиял технологиял рукӏине кколинги дарсаздехун цӏиял тӏалабал рукӏунинги абулеб. Гьез, гьелго тӏалабал рукӏине кколин, бадирчӏваял гьарула учительзабазда. Учителасда гуро технологиязул хӏакъалъулъ цӏехезе кколеб – гьеб ккола лъайкьеялъул идараялда тӏадаб иш. Кабинеталда лъезе къайи-алат кьолеб гьечӏони, учителас кин чӏезабилеб?\nУнкъабизе. Цӏалдохъабаздаги гьезул умумуздаги мухӏканго лъала жидерго ихтиярал, амма, щаяли лъаларо, кӏочон толел руго жидеда тӏадал ишал. Гьел мухӏканго хъван руго «Лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» №273 федералияб законалъул 44-абилеб статьяялда. Цониги эбелалъ абулеб рагӏичӏо, лъагӏалида жаниб жиндирго лъимадул анцӏгониги дарсида йикӏанилан, умумузул ракӏарияздеги гьел хьвадуларо, къанагӏат гурони. Школалда букӏунеб жидерго лъималазул хьвада-чӏвадиги бихьуларо гьезда. Гьеб унти цӏикӏкӏун буго шагьаралъул школазда. Росабалъги, нухда дандчӏвараб мехалданиги, учителасда жиндир лъимадул цӏалиялъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабулев чиги дагьлъун вуго.\nГьединаб буго жакъасеб школалъул пашманаб къиса. Учитель хисизавулев вуго сверухълъиялъги рукӏа-рахъиналъул масъалабазги. Дида ракӏалде ккола, хӏалтӏухъ мустахӏикъаб харжги кьолеб бугони, учителасда цадахърекъон умумулги хӏалтӏани, нилъер гӏолеб гӏелалъул сипат кьучӏдасанго хисилин.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "690-matsi-gechioni-millat-khutiiladaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=690-matsi-gechioni-millat-khutiiladaj", "title": "Мацӏ гьечӏони миллат хутӏиладай?..", "date": "2017-12-22 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахӏи базе ккараб хӏал\nДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана республикаялъул бетӏерасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул данделъи\nГьеб рагьулаго, рехсараб советалъул председатель Зикрула Илясовас бицана РФялъул президентасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул член Александр Бродилгун дагьаб цебе букӏараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ. «Гьеб данделъиялда кӏвар буссинабуна республикаялда инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалде ва къотӏи ккана цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе», — ян бицана З. Илясовас. Жакъа республикаялда цӏакъ захӏматаб ахӏвал-хӏал лъугьун буго миллиял мацӏазда сверухъ. «Гьабсагӏаталда Дагъистаналъул мацӏал ккун руго гӏурус мацӏалъул къоринире ва къойидаса къойиде рахьдал мацӏал лъалел чагӏи дагьлъулел руго. Щибаб жоялъул букӏуна гӏорхъи. Дир хӏисабалда, миллиял мацӏалги щун руго жал хӏажат ругищ ялъуни гьечӏищ абураб бакӏалде. Гьеб гӏорхъи бахани, хӏакъаб жо, гьел тӏадруссинаризе захӏмалъизе буго. Гьединлъидал къваригӏун буго щиб букӏаниги ургъизе. Ахирал соназда гьеб масъалаялда сверухъ республикаялда къабул гьабуна 5-6 документ, амма гьел гӏумруялде рахъинарулел гьечӏо», — ян абуна З. Илясовас.\nКӏалъазе яхъарай ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул заместителалъул ишал тӏуралей Альбина Аруховалъ бицана республикаялъул школазда миллиял мацӏал малъиялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. «Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ миллиял мацӏазул учительзабазе квалквалал гьаруларо. Амма, федералияб министерствоялъул тӏадкъаял тӏуразаричӏого тезе ихтияр гьечӏолъиялда бан, нижедаги гьездаги гьоркьор цо-цо ричӏчӏунгутӏаби ккечӏогоги рукӏунаро. Миллиял мацӏал церетӏезари мурадгун, нижеца тӏоритӏула батӏи-батӏиял конкурсал, къецал, олимпиадаби. Мисалалъе, рахьдал мацӏазул учительзабазда гьоркьоб щибаб соналъ тӏобитӏула «Лъагӏалил учитель» абураб конкурс, лъималазда гьоркьор рукӏуна олимпиадаби», — ян абуна гьелъ.\nЗикрула Илясовас гьелда цӏехана школазул библиотекабаздаса рахьдал мацӏалъул тӏахьал нахъе ракӏарулел ругин абун социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб хабар уяб бугищин. Гьеб суалалъе жаваб кьун, Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогияб гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталъул директор Марина Хӏасановалъ абуна: «Федералияб Лъайкьеялъул министерствоялъул лъазабиялда рекъон, гьезул сияхӏалда гъорлъ гьечӏел издательствабазда рахъарал тӏахьал школаздаса нахъе ракӏарулел руго. Гьебго заманалда цӏалул пособияздаса инкар гьабулеб гьечӏо лъицаго», — ян.\nХалкъияб Собраниялъул лъайкьеялъул, гӏелмуялъул, маданияталъул, гӏолилазул ишазул, спорталъул ва туризмалъул комитеталъул председателасул заместитель Хӏамидулагь Мухӏамадовас бицаралда рекъон, ахираб ункъо соналда жаниб республикаялда къватӏибе бачӏун гьечӏо миллиял мацӏазда хъвараб цониги цӏалул тӏехь ялъуни пособие. «Гьеб буго нилъ пашманлъизе ккараб хӏужа. Щай магӏарул, агул, лезги ялъуни цогидал мацӏазда хъварал тӏахьал рецензия хъвазе, экспертиза гьабизе Москваялде ритӏизе кколел? Кир гьенир ругел Дагъистаналъул мацӏазул эксперталги гьеб лъалел чагӏиги? Гьеб иш буго цо-цо чагӏазул чванта биццат гьабизелъун ургъараб ришватчилъи. Россиялъул тахшагьаралда пуланаб тӏохьое рецензия хъвазе, гьелъул экспертиза гьабизе уна 300 азаргоялде гӏагарун гъуруш. Гьелъул бицун пайда гьечӏо, амма субъектаздаго тӏахьал рахъизе ихтияр тӏалаб гьабун къеркьечӏого ресги гьечӏо. Школазда миллиял мацӏал малъиялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицани, гьеб унго-унголъунги беццизегӏанасеб гьечӏо. Гьелде кӏвар директорзабазги буссинабулеб гьечӏо. ЕГЭялде кӏварги кьун, миллиял мацӏал квер хьвагӏун толел руго гьез», — ан абуна Хӏ. Мухӏамадовас.\nКӏалъазе яхъарай магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ бицана жий рахьдал мацӏалъул учительзабигун гьоркьоса къотӏи гьечӏеб бухьеналда йикӏунин. «Учительзабазул рахӏатхун буго рахьдал мацӏалъул тӏахьал гьечӏолъиялъ. Лъайкьеялъул кьучӏ ккола учитель, цӏалдохъан ва тӏехь. Хӏисаб гьабеха, учитель вуго, цӏалдохъан вуго, тӏехь гьечӏо. Кин кьезе бугеб дарс? Гьелдейищха ккун бугеб нилъер лъайкьеялъул даража?»\nДагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас абуна миллиял мацӏазул суал гьоркьоб лъезе бугин 2018 соналъул январалда тӏобитӏизе бугеб Халкъияб Собраниялъул данделъиялдаги. «Нижеца яхӏ бахъана гьебго суал марталда тӏобитӏизе бугеб Пачалихъияб Думаялъул иргадулаб сессиялда гьоркьор лъолезда гъорлъе ккезабизе. Лъаларо, хӏасил кинаб ккелебали, амма миллиял мацӏал цӏунун хутӏиялда щаклъи буго. Гӏалимзабаз абулеб буго, пачалихъалда унго-унгояб демократия чӏезабизе ккани, гьенир цо миллаталъул ва гьединго цо диналъул чагӏи рукӏине кколин. Нилъер республикаялдаги, нужеда лъалаха, руго батӏи-батӏиял миллаталги батӏи-батӏиял диналги. Гьединлъидал, гӏалимзабазул пикру ритӏухъаб батани, нилъер гьанибги я демократия букӏине гьечӏо, я мацӏал цӏунизе кӏвезе гьечӏо. Амма, гьел цӏунизелъун, къеркьечӏогоги гӏоларо. Учительзабазде, ясли-ахазул тарбиячагӏазде гӏайибги гьабичӏого, къваригӏун буго рахьдал мацӏ лъималазда щивав чияс рокъо-рокъоб малъизе», — ян абуна Гӏ. Камаловас.\nДанделъиялда гӏахьаллъарай ДРялда йигей инсанасул ихтиярал цӏунулей вакил Умупазил Гӏумаровалъ бицана республикаялъул бетӏерасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъгун цадахъ гьабулеб ва гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьеб данделъиялда къабул гьабуна гьеб советалъул 2018 соналда гьаризе ругел хӏалтӏабазул планги.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "693-tsiiyab-sonalda-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=693-tsiiyab-sonalda-dandchivaj", "title": "Цӏияб соналда дандчӏвай", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Улкаби, гӏадатал ва гӏадамал\nТӏоцебе Германиялда байбихьана Цӏияб соналъул елка расанкӏабаз къачӏалеб гӏадат.\nВьетнамалда елкаялъул бакӏалда рукъ берцин гьабула тӏегьалеб мокьрол гъотӏол гӏаркьалабаз. Некӏо вьетнамалъулал божулаан Цӏияб сон карп ччугӏил мугъалда лъедон бачӏунин абураб жоялда, гьединлъидал жакъаги гьениб гӏадат буго Цӏияб соналъ чӏагояб карп ччугӏа хӏоринибе яги гӏорулъе биччалеб.\nХӀX гӏасруялда Швециялъ дунялалъе сайгъат гьаруна тӏоцересел цӏорол расанкӏаби.\nПарангаз бежулеб пирогалда жаниб лъола багӏаргьалил цо мугь. Гьеб щварав чи рикӏкӏуна багӏаргьалил къираллъун ва байрамалъул сордоялъ киналго гьесул буюрухъазе мукӏурлъула.\n1895 соналда тӏоцебе Америкаялъул Хъахӏаб рукъалда аскӏор рана токалъ къалъизарулел гирляндаби.\nЯпониялъ дунялалъе сайгъат гьабуна, цӏияб ретӏелги ретӏун, Цӏияб соналда дандчӏвай гьабулеб гӏадат. Гьезул буго цоги гӏажаибаб гӏадат — Цӏияб соналда цебе кьохорхо босула, ай гьел божула кьохорхоялъ гӏемераб талихӏ данде хачалин абулеб биценалда.\nПанамаялъулаз Цӏияб соналда дандчӏвай гьабула кӏудияб ахӏи-хӏуралда: ахӏдола, цӏурмал кьабула, машинабаз сигналал кьола, сирена биччала…\nЦӏияб сон тӏаде щвараб лахӏзаталда, венграл кутакалда гьештӏола, гьел божула гьеб ахӏи-хӏуралъ квешаб нахъе ахӏулин ва лъикӏаб аскӏобе цӏалин абулеб жоялда.\nИраналъулаз Цӏияб соналда дандчӏвай гьабула тункӏал кьвагьиялдалъун.\nБищунго гӏажаибаблъун рикӏкӏуна байрамалъул къоялъ гордухъа къватӏибе щиб бугониги рехиялдаса байбихьулеб цӏияб соналъул гӏадат. Кубаялда, цебеккунго лъеца цӏезабун, хӏадурун букӏуна рокъоб бугебщинаб тӏагӏел ва къаси сагӏат 12-ялда кинабго лъим гордухъа къватӏибе чӏехьола. Гьелъул магӏна ккола лъим гӏадаб бацӏцӏадаб ва гвангъараб нух гьарулин абураб.\nИталиялъулаз гордухъа къватӏибе рехула басрияб къайи-матахӏ ва, «гьалъул бакӏалда цӏияб кьеги» абун, дугӏаги гьабула.\nЮАРалъул тахшагьар Йоханнесбургалъул минабазул гордухъа къватӏибе рехула холодильникал ва басрияб къайи. Цӏияб сон гьениб къватӏаздасан унел гӏадамазул гӏумруялъе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏуна.\nНепалалда Цӏияб соналда, тӏоцебе бакъ баккулеб гӏужалъ, чӏахӏиял цӏаязде тӏаде бан, басрияб къайи-матахӏ бухӏула.\nЦӏияб соналъул тӏоцебесеб лъабго минуталъ болгараз киса-кибго канлъи свинабула.\nЭквадоралда бихьиназ, руччабазул ретӏел ретӏун, ясаз гӏадин гьумер-кӏал белъун, къоролзабазул гӏоди гьабула. Эквадоралъулал божула, Цӏияб соналъул сагӏтица цӏумур кьабилалде, тӏогьилаб гъоркьан ретӏел ретӏине кватӏичӏони, ботӏроде балеб гӏазу гӏадин, гӏарац тӏаде чвахизе букӏиналда, багӏараб ретӏани – талихӏ кьезе букӏиналда, гьебго заманалда кӏудияб сумка яги чемодангун мина сверун векерани, тӏубараб соналъ сапаралда вукӏиналда.\n17 соналъ, ай 1918 соналдаса 1935 соналде щвезегӏан СССРалда гьукъун букӏана байрамалъулаб елка. Хадуб Сталиница тӏадруссинаруна елкаги байрамалъул тадбиралги.\nГьебго заманалда Цӏияб сонил гӏаламаталлъун лъугьана Цӏорол Дада ва Гӏазул яс. Официалияб къагӏидаялда Цӏорол Дадаца гӏумру гьабулеб буго Вологда областалъул Великий Устюг шагьаралда. Кӏудада гьавураб къолъун рикӏкӏуна 18 ноябрь.\nМухӏамад Мухӏамадов\nДугӏа\nЩивасе гьарула лахӏ бахинчӏеб яхӏ, щивасе гьарула хӏур хъвачӏеб намус. Щивасе гьарула анищаб хъулухъ, щивасе гьарула ракӏ разияб харж. Щивасе гьарула мутӏигӏай лъади, лага бугей, щват бугей, чамасдакӏил гъветӏ гӏадай. Лажбаралъ бер къачӏачӏей, къула-йорхизе лъалей, лъималазул рукъ цӏурай, цӏурабакьалъ гӏорцӏарай. Щияй гӏаданалъеги гӏажаибав рос щваги, щвата ретӏизе лъалев, лъалиниб ханжар бугев. Чванта гӏарцуца цӏурав, бетӏер гӏакълудал цӏурав, аваданав, кополав, кепказ канлъи гьукъичӏев. Министерал гӏорцӏаги, гӏабдалзаби дагьлъаги, Дагъистаналъул хӏаким халкъалъ вищизе ккаги. Рищиязда бергьаги, рощнол гохӏал лъугӏаги, рахъухъирщазул рукъзал гӏункӏкӏаз пасат гьареги. Партияби цӏикӏкӏаги кандидатал рохизе, рагъ-кьал рикӏкӏад гьабеги халкъалда рухӏ речӏчӏизе. Хиялал зодой аги, хурзал тӏорщалил цӏеги, къваригӏарабщинаб щун, щваралда гӏей гьабеги. Вас цӏодорав лъугьаги, яс гӏакъилай яхъаги, инсуда цӏороберал даимго кӏочон таги. Гӏанкӏуял кванан чудук гӏорцӏараб къо бачӏаги, рокьи ккечӏев гӏолилас кучӏдул хъвазе ккогеги. Намусалъул магӏу цӏикӏкӏун, чогърол рогьо дагьлъаги, дандиясул кӏалдиса гьацӏул махӏ гьарзалъаги. Кӏудиязул гӏакълаби гӏолохъабаз росаги, росаризе лъачӏезул боцӏи бацӏаца чӏваги. Ясазул гӏертӏал рекугеги, гӏура-гӏурай рукъалде юссаги, налъулаз налъаби кьун махӏабат загьирлъаги. Нужеде хӏапдолареб гьведуе гӏумру кьеги, нужеде семуларев хӏаким хӏалхьун хутӏаги. Оцаца бачал гьарулеб заман лъугӏаги, тӏотӏода тӏикъва чӏвалеб заман мигьлъаги. Эбелалда гӏодизеги, гӏоралда чвахизеги малъизе ккогеги. Ццидалав чиясда макьилъ йокьулей гурони йихьугеги. Йихьа-йихьарай рокьулезул рукьбазда унти ккаги. Вачӏарав гьобол хехго аги, гьудулзабаз кьвагьулеб туманкӏ гӏужда щваги. Макьуги гьуинаб щун сордо халалъун ккаги. Сардилъ къватӏир рахъунезда лъикӏаб къо бихьугеги. Бикъи кӏочайги, гьари рихаги, роххнол гурони гӏоркь кквезе хъван батугеги. Тӏаргъал гӏемерлъаги, рагӏи дагьлъаги, дунги, мунги, гъовги гӏодов ккогеги. Лъади рихунгеги, лъимал рокьаги, рокьи гьоркьоб гьечӏеб кьал бачӏунгеги. Гъотӏода бугеб хӏинчӏ кквезейин абун, кодоб бугеб биччан гӏицӏ хутӏугеги. Лемагалъул къулагӏи къавулъа камугеги, МВДялъгун ФСБялъ ахӏизеги ккогеги. «Ле» — ян ахӏараб мехалъ, «я» — йилан жаваб кьезе кӏолареб къо щогеги. Чияр бадиб къараб гӏучӏ бихьугеги, нилъерго бадиб къараб бихьизе бахьи кьеги. Гьаб кинабго гьари къабул гьабеги, тӏаде жо жубазе нуж рохун таги. Тохлъукьего бараб чваххун цӏад гӏадин гьабунин гьаб дугӏа, воре, патихӏа."}
{"slug": "695-berzul-nur-svanigi-rakial-gvang-aral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=695-berzul-nur-svanigi-rakial-gvang-aral", "title": "Берзул нур сваниги, ракӏал гвангъарал", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Жакъа нилъер улкаялда вуго 275 азарго беццав ва загӏипго канлъи бихьулев чи\n1745 соналъул 3 ноябралда Франциялда гьавуна Валентин Гаюи — Парижалда ва Петербургалда канлъи бихьуларел гӏадамазе чанго школа рагьарав машгьурав педагог. Тӏолгодунялалъул сахлъицӏуниялъул гӏуцӏиялъул хӏукмуялдалъун, гьев гьавураб къо чӏезабуна канлъукъал (беццал) гӏадамазул къолъун.\nКанлъукъал гӏадамазул ракӏазулъ рещтӏун букӏуна гӏажаибаб берцинлъиялъул нур. Гьел ккола сахлъи бугезе кӏудияб мисаллъунги. Дагьа-макъаб жоялдасагицин ракӏбуссунел гӏадамаз мисал босизе мустахӏикъал руго дунялалъул берцинлъиги, бакъул кунчӏиги, гӏурччинаб гӏидраги, гӏаздалал мугӏрулги, чвахулел гӏорал-лъаралги рихьизе рес жидехъа согӏаб къисматалъ бахъарал гӏадамал. Гьезда гьоркьорги ратула пагьму-гьунар бугел художникал, спортсменал, скульпторал, шагӏирзаби, хъвадарухъаби. Ахирал соназ пачалихъалъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго гьединазде. Хас гьабун гӏуцӏараб «Доступная среда» федералияб программаялда рекъон, канлъукъазе кумек хӏисабалда, шагьаразда гӏемерлъулел руго светофорал, хасал гьаркьазул сигналал, дандекколел шрифтаз хъварал таблицаби, ургъулел руго гьединал гӏадамазе гӏумру бигьалъиялъе шартӏал чӏезарулел цӏиял къагӏидаби.\nГъизилюрталда бугеб\nгӏуцӏиялъе — 25 сон\nТӏолгороссиялъул загӏипго канлъи бихьулезул Гъизилюрталда бугеб цолъи гӏуцӏана 1992 соналъул ноябралда. Тӏоцеве гьенив вукӏана 90 чи. Гьелъул председательлъун вукӏана Мухӏамадхӏанапи Хӏусенов, хадув — Шамсулвара Шамсулвараев, цинги — Гӏабдула Гӏабдурахӏманов. 2008 соналдаса нахъе гӏуцӏиялъе нухмалъи гьабулеб буго Ахӏмад Гӏабдулаевас. Жакъа гьеб гӏуцӏиялда вуго Гъизилюрт районалдаса ва шагьаралдаса 400 чи. Гьезда гьоркьоса — Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ичӏго ветеран, 13 ВОСалъул ветеран, 12 захӏматалъул ветеран, рагӏи рагӏуларев ва канлъи бихьуларев 8 чи, тӏубанго канлъи бихьуларев 12 чи.\nГьенир тӏоритӏула гӏемерал тадбирал. Масала, санайил кӏодо гьарула Ватӏан цӏунулезул, Микьабилеб марталъул, херазул, эбелалъул байрамал. Жигараб гӏахьаллъи гьабула районалда ва республикаялда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбиразда. Хасго лъикӏал хӏасилал руго спорталъулъ. Цолъи гӏуцӏаралдаса 25 сон тӏубаялъул байрамалде республикаялъулаб даражаялъул гӏемер батӏи-батӏиял тадбирал, байрамал тӏоритӏана шагьаралда, хасго спортивиял. Масала, мини-футболалъул, шашкабазул къецал. Жигараб гӏахьаллъи гьабула Россиялъул канлъукъазул спорталъул гӏуцӏиялъ тӏоритӏулел тадбиразда. Ахираб щуго соналда жаниб тӏобитӏун буго 90 тадбир. Республикаялда тӏоритӏулел тадбиразда гӏахьаллъун вуго 60 чи.\n— Цолъи «чӏаго» букӏинароан, гьелъие кумек гьабулел сахаватал гӏадамалги батӏи-батӏиял гӏуцӏабиги рукӏинчӏелани, — ян абуна гьелъул председатель Ахӏмад Гӏабдулаевас. Гьединазда гьоркьор Ахӏмадица рехсана «Конгломериат» ЗАО, «Дагнеруд», «Кизилюрткарьерстрой», «ЮГСГЭМ» АОял. Гьединго гьес рехсана сундуего кумекалъе ратулел Къурамухӏамадова Рабиятилги Хӏасанова Асиятилги цӏарал.\nЦентралъул байрамалда\nАраб анкьалда цолъи гӏуцӏаралдаса 25 сон тӏубай кӏодо гьабуна Гъизилюрт шагьаралъул «Калинка» банкетазул залалда. Байрам баркизе рачӏун рукӏана республикаялъул шагьаразул ва районазул гӏуцӏабазул вакилзаби. Ахӏмад Гӏабдулаевас бицана цолъиялъ гьабураб хӏалтӏул ва тӏуразаризе ракӏалда ругел масъалабазул хӏакъалъулъ. Гӏуцӏиялъул жигарал гӏахьалчагӏазе кьуна сайгъатал ва дипломал. Гьезул жидерго ругоан кочӏохъабиги кьурдухъабиги. Гьезда байрам баркизе вачӏун вукӏана композитор, кочӏохъан Каримулагь Гӏабдулаевги.\nУнго, цо берцинлъи\nгьаб дунялалъул\nБайрамалда гӏахьаллъизе рес щварай дун рухӏдаллъун йикӏана, гьеб захӏмалъи баччизе сабруги къуватги гӏурал гӏадамал рихьидал. Рухӏдаллъана гьезул ракӏазда гӏицӏго лъикӏаб гурони бихьулеб гьечӏолъиялда. Ва ракӏалде бачӏана, чан нухалъ гӏенекканиги, рекӏее гӏажаибго хӏайранаб асар гьабулеб гьаб бицен:\n— Кӏиго унтарав вукӏуна больницаялда цо палатаялъув. Цояв радал хехго вахъунаан тӏаде. Гордухъанги валагьун, гьес чанго нухалда такрар гьабулаан, унго, цо берцинлъи гьаб дунялалъулин абун. Ва хадубго абулаан машаАллагьиланги. Бакъуде данде кенчӏолел рогьалил бацӏцӏадаб щуб тӏад ккарал гӏурччинал хурдулги, тӏугьдузул цӏураб сверухълъиги, сверухълъиялда, гӏурччинаб гӏалахалда кьурдулел кьагӏиги, гьезие хъат чӏвалел гӏорал-лъаралги…\nБицунго бахъунароан гьесул палата тун къватӏибехун бугеб, балагьун бергӏорцӏулареб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Заманалдасан унтарав хвана. Палатаялъув вукӏарав цоги унтарасеги бокьана щибаб къоялъ гьеб берцинлъиялъухъ валагьизе, дов хварасул бакӏалде вахъине. Гьес медсестраялда гьарула жив гьениве вахъинавейилан. Амма вихха-хочун лъугьана унтарав — гьесда цебе букӏана чӏобогояб авлахъги гьединго чӏобогояб больницаялъул азбарги. Кибха бугеб дов херасда бихьулеб букӏараб берцинлъи!? Бетӏер сверунцин букӏанадай досул? Палатаялъуе ячӏарай медсестраялъе бицана гьес херасда рогьалилъ бихьулеб букӏараб хӏикматаб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Медсестра дагьайги йихха-хочана — гьелда лъалаан херав беццав чи вукӏараблъи…\nХадурагӏи\nГӏажаибаб жо буго гьаб дунял. Цо-цо гӏадамал гьелъул берцинлъиялъухъ урхъун, цогидалин абуни, кодоб бугеб берцинлъи бихьуларого яги гьеб гӏоларого.\nБокьун буго гьаризе къисматалъул кьогӏаб ва согӏаб квачӏикье ккарал, амма гьелда цо лахӏзаталъгицин таризаризе кӏвечӏел, сахаватал гӏадамазеги гӏумруялъул берцинлъи гурони бихьуларел гьезул ракӏазеги талихӏалъул бакъги бакъулаб гвангъиги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "696-millatal-ul-matiu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=696-millatal-ul-matiu", "title": "Миллаталъул матӏу", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏаруллъи даим чӏаго букӏина\nМиллияб мацӏ. Миллияб маданият. Щалха кколел гьеб кӏиялъулго гӏаммал рахъал. Магӏарул маданиятги магӏарул мацӏги. Цоцаздаса тӏезе рес гьечӏеб кӏиго жавгьар. Миллаталъул кӏиго кваркьи. Цояб гьечӏони, цоялъул роржен загӏиплъулеб. Мацӏалдаги миллаталдаги кьаву чӏвазе толареб нилъер гӏумруялъул цо бутӏа. Миллаталъул маданияталъ борцуна миллаталъул къадруги тӏадегӏанлъиги. Маданият галадани, миллаталдаги мацӏалдаги бегӏ букӏунаро. Щибха гьабизе кколеб жакъа нилъеца хадусел гӏелазе нилъерго маданият цӏунизе ккани? Магӏарул халкъалъул гӏадаталги гӏамалалги, дунялалъги жидее бутӏрул къуларал.\nГьалеха, хӏурматиял магӏарулал, ана тарихалде цоги сон. Щиб хӏал букӏараб исана миллияб маданияталъул гъасда? Нижеца хӏаракат бахъана газеталъул гьурмаздасан магӏарул маданияталъул гъанситохъ тӏоритӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ нужее бицине. Гьелин абуни, дагьал рукӏинчӏо. Маданият цӏунулеб аслияб гъанситолъун, кидаго гӏадин, букӏана Магӏарул театр. Гьенир чанго нухалда данделъана магӏарулал — бицана миллаталъулги, мацӏалъулги, маданияталъулги хӏакъалъулъ. Берцинаб гӏадаталде сверана гьениб магӏарул мацӏалъул къо кӏодо гьаби. Магӏарул миллияб автономиялъ ва магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъ миллатги, мацӏги, маданиятги церетӏезариялъулъ жидеца бутӏа лъурал магӏарулазе исанаги кьуна шапакъатал. Жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна республикаялъул шагьаразул ва районазул школазул рахьдал мацӏалъул учительзабаз ва цӏалдохъабаз. Театралъул артистал магӏарулазде цере рахъана цӏиял спектаклялгун. Магӏарул маданияталъе кӏвар бугеб лъугьа-бахъинлъун рикӏкӏине бегьула Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъе памятник рагьи. Гьеб ккола магӏарул шагӏирзабазе рагьараб лъабабилеб ва чӏужугӏаданалъе рагьараб кӏиабилеб памятник. Гьел памятниказ цоги нухалда ракӏалдещвезабулеб буго нилъеда халкъалъул чӏухӏилъун кколел шагӏирзабаз магӏарулазул цӏар цӏвабзазда аскӏоб хъвараблъи. Амма лъаларо щиб хиса-баси ккарабали магӏарул кочӏол маданияталдаяли. Добго фонограммаялда гъоркь ахӏулеб добго кечӏги долго кочӏохъабиги. Бугониги ана рокьулел кочӏохъабазул концертазде. Жидерго кочӏол гъасде магӏарулал ракӏарана Мухӏамадтӏамир Синдикъовас, Хӏажилав Хӏажилаевас, Къурбан Кӏулизановас. Гъуниб районалдаса Къурамухӏамад Бигачевасе щвана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар. Гьединго жиндирго юбилеялъулаб концерт тӏобитӏана Цӏунтӏа районалдаса кочӏохъан Халисат Хӏамидовалъ. Ратила магӏарул кочӏохъабазда гьоркьор реццалъеги, рокьуеги, адабалъеги мустахӏикъалги. Амма рагӏулел гьечӏо цӏиял, чӏагояб гьаркьидалъун кечӏ ахӏулел кочӏохъаби. Исана Гӏурус, Магӏарул ва Поэзиялъул театразда кӏодо гьаруна Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса 140 сон, Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 85 сон, Гӏабасил Махӏамад гьавуралдаса 85 сон тӏубаялъул байрамал. Гьанибго бицинчӏого гӏоларо Дагъистаналъул бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповас миллияб маданият цӏилъиялъе гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъги. Гьесул квербакъиялдалъун нилъехъе тӏадруссана миллиял гӏадатал. Районазда ва шагьаразда рагьана Россиялъул халкъазул маданияталъул централ. Тӏоритӏулел руго гьунаралъулал десантал. Маданияталъул, адабияталъул вакилзаби уна республикаялъул батӏи-батӏиял росабалъе ва шагьаразде. Шагьаралдагицин гӏемер рихьула байрамазда миллияб партал ретӏарал гӏадамал. Гьелъул магӏна ккола магӏарул халкъ чӏаго букӏине ва хутӏизе бугин абураб. Цӏилъулеб буго нилъер маданият. Гьеб нурлъун рещтӏаги щивасул рекӏелъ. Кӏудияб кӏвар кьезе байбихьана магӏаруллъиялде, хасго чӏороголъулел ругел росабалъ гӏумру цӏигьабиялде. Цӏилъулеб буго маданият, цӏияб гьогьен чӏвалеб буго магӏаруллъиялдаги. Гьелъул магӏна ккола магӏаруллъи кидаго чӏаго букӏине бугин абураб. Гьелъие гӏоло нилъеца цадахъ лъугьун свине тезе бегьуларо миллияб маданияталъул гъасда бакараб мацӏалдеги миллаталдеги бугеб рокьул цӏа. Нилъ рукӏине ккола гьелегьараб гьеб цӏадул хӏенхӏаллъун…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "697-nak-it", "url": "https://hakikat.info/?nationals=697-nak-it", "title": "Накъит", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "М. Хӏажиев:\n«Гӏадамал дагь-дагьккун «гӏорцӏана» информациялъ»\n«Нур-ул Ислам» газеталъул бетӏерав редакторасулгун гара-чӏвари\nАраб анкьалда «Нур-ул Ислам» газеталъ кӏодо гьабуна жиндирго 20 сонил юбилей. Хӏакъикъаталда тӏоцебесеб исламияб газета къватӏибе бачӏана 20 соналъ цебе гуреб, 26 соналъ цебе, гьелда цӏар букӏана «Исламалъул ахӏи». Кӏиябго газеталъе кьучӏги жакъа къоялде щвезегӏан гьезда «рухӏги» лъурав чи ккола Бакълъухъа Мухӏамад Хӏажиев. Гьесулгун дандчӏвай букӏана нижер дагьал церегӏан къоязда.\n— Динияб гӏелму цӏали сабаблъун гӏадамал туснахъалъур лъолел дол соназ Аллагьасул гӏорхъи гьечӏеб рахӏматалдалъун дица балъго цӏалана гӏелму. Дида гьеб батана батӏияб, гӏажаибго берцинаб «дунял». Дица мугӏалимасда гьикъунцин букӏана гьадинаб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ щай гӏадамазда рагӏун бицунаребилан. Къватӏиб кин бицинеб, гьеб малъараблъи лъаницин жив жанив тӏамизе бегьулилан велъана гьев. Гьеб мехалъ дица диего щулияб къотӏи гьабуна, рес ккарабго, Аллагьасул диналъул хӏакъалъулъ гӏадамазда бицине.\nЦинтӏаго гучаб СССР биххана ва эркенлъиялъул карачелазда 1990 соналъ цӏияб басмаялъул хӏакъалъулъ закон къабул гьабуна. Гьеб цӏалидал, дун гӏажаиблъана. Гьениб хъван букӏана цензура гьечӏого газета биччазе бокьарав чиясул ихтияр бугилан. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида гьеб законалъ дир анищалде нуцӏа рагьараблъи, ай гӏадамазда Аллагьасул диналъул берцинлъиялъул хӏакъалъулъ бицине рес кьолеб букӏин. Гьебго къоялъ вахъун Махӏачхъалаялде ана, Республикаялъул басмаялъул комитеталъул председателасда дица абуна исламияб газета биччазе бокьун бугилан. Гьеб букӏана жеги коммунистал щулаго чӏараб заман, гьев вихха-хочун лъугьана, гьеб бегьулеб иш гурилан. Гьедин дагӏба-рагӏиялда чанго моцӏ ана, ахир-къадги «Исламалъул ахӏи» газеталъул хъвай-хъвагӏай гьабуна. Палхӏасил, квеш-лъикӏ газета къватӏибе бачӏана. Битӏараб бицани, гӏемер гӏакъубаги бихьана гьеб биччалаго, тӏоцебе гьабулеб иш букӏун цӏакъ кӏудияб жавабчилъи букӏана — ян ракӏалдещвезабуна Мухӏамадица газеталъул бицунаго.\n— Газеталда цӏар хисиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— 1997 соналда байбихьана бусурбабазул «Нур» хӏаракат. Гьелъие цебехъанлъи гьабулев, мунагьал чураяв, Макъсуд Садикъовас дида гьарана Дагъистаналъул «Нур» хӏаракаталъул отделениялъе бетӏерлъи гьабеян ва газетаги гьелъул органлъун теян. Гьедин 1997 соналъул 4 февралалдаса нахъе газета бачӏана «Нур-ул Ислам» абулеб цӏаралда гъоркь. Доб заманалда газеталъул гӏаммаб тиражги 50 азаргоялде бахун букӏана, гьеб биччалаан гӏурус, авар, лъарагӏ, дарги, лезги, тум ва чачан мацӏазда.\nАбичӏого гӏоларо, тӏоцебе газета биччаялъе нижее кумек гьабурав чи вукӏана Камалов Гӏали. Гьес нижее кабинетги бихьизабуна, кагъатги кьуна, азарабго баркала буго гьесие.\n— Диналъул хӏакъалъулъ хъвалел гӏадамалго гьечӏеб заманалда, динияб газета биччазе ракӏалде ккейги кӏудияб таваккаллъун рикӏкӏуна дица…\n— Цӏакъ захӏмат букӏана, газета биччазе гуребги, гьеб гӏадамазухъе щвезабизеги. Газета биччазе унел харжал дагь рукӏинелъун, дирго врачасулаб гьитӏинабго харж гурого гьечӏого, дагьабго учуз кколеб букӏун, гьеб кьабулаан Унсоколо ва Шамил районазда. Гӏемерисеб нухалъ, рекӏине транспортги щоларого, нухда ватарав чияс вачиналде хьулгун, кагътил рулоналги росун, вахъунаан къватӏиве. Гьеб гуребги, гӏемер ургъизе кколаан газета кин гӏадамазе бокьулеблъун гьабилебали.\nМагӏарул мацӏалда биччалеб газеталъ «хьихьун» рукӏана цогидал мацӏазда риччалел газеталги. Щванщинаб гӏарац, аслияб къагӏидаялъ, цогидал мацӏазул газетазде унеб букӏана. 1998 соналда ккана кризис, гьединлъидал кӏиго мацӏалда рахъулел газетал гурони цӏунизе кӏвечӏо.\n— Дуца абунаха газеталъул гӏаммаб тираж 50 азаргоялде бахунеб заманги букӏанилан. Жакъа 15 азарго буго. Щиб хисараб?\n— Тӏоцере диниял газетал къватӏире рачӏарал сонал рукӏана диналъул рахъалъ информациялъулаб «ракъи» бугеб заман. Гӏадамазе ихтияр щвана дин гьабизе, амма диналъул хӏакъалъулъ лъалеб жо цӏакъ дагь букӏана. Гьединлъидал гӏадамазе кӏудияб интерес букӏана газеталъул. Къокъабго заманалда жаниб газета лъана, тираж цӏикӏкӏана.\nГьеб заманалда республикаялда киб гурин, тӏолабго Россиялдаго букӏинчӏо гьеб тун батӏияб исламияб газета. Хадур раккана батӏи-батӏиял газет-журналал. Гӏадамал дагь-дагьккун «гӏорцӏана» информациялъ. Гьединлъидал гӏодобе ккана тиражги. Гьабсагӏат бугеб 15 азарго газета хъваразул гӏемерисел руго дол тӏоцересел соназго рукӏарал «хисичӏел» цӏалдолел.\nГазеталъулги буго цогидал газетазулго гӏадаб унти – почта. Почалъ гьеб цӏалулезухъе щвезабулеб гьечӏо, ялъуни цӏакъго кватӏун щвезабулеб буго. Бачӏунареб, яги кватӏун бачӏунеб газета хъвазе бокьилищха гӏадамазеги. Дица абиларо 50 азарго букӏинаанилан, амма почалъ жидерго хӏалтӏи мухӏканго гьабулебани, нижер газеталъул тираж 30 азаргоялдениги бахинаан. Нилъер гьаниб гӏадин почалъул иш хашго бугеб регионги батиларо кибниги.\nНижер газета хъвазе ва цӏалулезухъе щвезабизе «Ас-салам» газета тӏибитӏизабулел гӏолохъабаз лъикӏаб кумек гьабула. Аслияб къагӏидаялъ гьезул кумекалдалъун цӏунизе кӏвана газеталъул жакъасеб къадар. Аллагьас кӏодо гьареги гьел.\n— Мун вуго тохтур. Кин тохтурасда ракӏалде ккараб динияб газета биччазе?\n— Анкьабилеб классалдаса бахъараб цӏалана дица диналъул гӏелму. Школа лъугӏун хадув Мединституталде цӏализе шагьаралде ккана. Букӏаниги, гьитӏинго рекӏелъ диналде рокьи бижараб куц буго, институт лъугӏарав, хъизан-рукъ бугев чи дун цӏидасан исламияб гӏелму цӏализе лъугьана. Алхӏамдулиллагь, Аллагьас лъикӏаб пагьму кьун букӏана, гьедин школаги институтги щуйилазда лъугӏизабуна. Мугӏалимас абулаан цогидаз моцӏида жаниб босулеб лъай дица анкьида жаниб босулин.\nГӏемераз абула гьеб захӏмалъи щай дуеян. Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) хӏадис буго, гӏелму бахчарасул кӏалдиб Къиямасеб къоялъ цӏадул чӏолохъжо базе бугилан. Гьединлъидал Аллагьас дие цогидазе кьечӏеб гӏелмуги кьун бугин, щай гьаб гӏадамазухъе щвезабичӏебан цӏадул чӏолохъжо баялдаса хӏинкъана дун. Гьедин бижана пикру газета биччазе.\nГазета биччай жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш буго. Цо гъалатӏ батани, гьеб кӏодо гьабула. Бицен буго гьадинаб: мугӏалимас хъвала анцӏго мисал, цоялъулъ ургъунго биччала гъалатӏ, мутагӏилзаби релъула гьесда. Нуж сунда тӏад релъулелилан цӏехедал, лъималаз абула гъалатӏалда тӏад релъулел ругин. Цинги мугӏалимас абула битӏун хъвараб ичӏго мисал нужеца тӏалабго гьабичӏого танин, цо ккараб гъалатӏ цӏакъ хехго бихьанилан. Гьединго батана гӏумруялдаги, хасго журналистасул хӏалтӏулъ – берзукье ккечӏеб цо гъалатӏалъ гьабурабщинаб хвезабула.\n— Дур хӏисабалда, нужеца газета цӏалулел сундалъун «ккун» ругел?\n— Газета цӏалулел гӏицӏго газета интересаб гьабиялъ гурого кквезе кӏоларо, хасго административияб ресурс гьечӏони. Материалал халат гьаричӏого, щибаб номералда Къуръан-хӏадис гьанжесеб гӏелмуялъ тасдикъ гьаби бихьизабун, гӏадамазул рахӏат хвезабурал суалал рорхун.\n— Дур пикруялда, кинаб букӏинесеб бугеб газетазул, хасго миллиял газетазул?\n— Гӏолеб гӏел унеб буго газета, хасго кагътилаб газета цӏалиялдаса. Бихьулеб буго, кигӏан интересаб гьабуниги, гьел газеталде руссинаризе кӏолел гьечӏолъи. Гьел гьитӏинаб къоялдасаго телефоназда, социалиял гьиназда жанир руго. Цӏакъго квешаб ахӏвал-хӏал буго рахьдал мацӏалда сверухъ. Дагьаб цебегӏан нижерго Бакълъухъ росдал школалда дандчӏвай букӏана дир. Гьениб бицунеб буго тӏоцебесеб классалде рачӏунел ругин магӏарул мацӏ лъаларел лъимал, гьелги росулъ гӏурал. Росулъцин магӏарул мацӏ лъугӏани, сундул бицинеб? Гьадин гьаб унеб бугони, 10-15 соналдасан рукӏинего рукӏинадай миллиял газетал-журналал? Гӏурусаз абула «Иван непомнящий родства» абун, гьединаб букӏинаха нилъер хадусеб наслуги. Миллиял газетал руго жакъа хутӏизего хутӏараб халкъияб хазина цӏунараб хъала, гьелги лъугӏун хадуб, щибха хутӏилеб миллаталъул?\nШамсият Султанбегова"}
{"slug": "698-shkolal-ul-khiarakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=698-shkolal-ul-khiarakat", "title": "Школалъул хӏаракат", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Лъугӏулеб буго 2017 сон\nЩиб цӏияб бачӏараб гьелъ ва сунде кӏвар кьураб нижеца газеталъул гьурмазда?\nРеспубликаялдаги улкаялдаги гӏемер рукӏана лъайкьеялъе кӏвар бугел лъугьа-бахъинал. Нижеца хӏаракат гьабуна «Мактабалдаги» «Лъайкьеялдаги» гьезул хӏакъалъулъ бицине.\nАслияб темалъун, кидаго гӏадин, букӏана рахьдал мацӏ. Нижеца бицана, гьеб кӏодогьабун, гьеб цӏунизелъун гӏуцӏарал мажлисазулги тӏоритӏарал къецазулги хӏакъалъулъ. Масала, тӏубараб лъагӏелалъ газеталда рахъана «Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» ва «Рахьдал мацӏазе – кӏиабилеб хӏухьел» абурал къецазда гӏахьаллъарал учительзабазул дарсил конспектал. Хьулги буго, росабазулги шагьаразулги учительзабаз гьездаса пайда босиялде. Методикиялги цӏалулги тӏахьал гьечӏеб заманалда, гьединал конспектаз учительзабазе кумек гьабизе бугин абураб пикруялъ рахъунги рукӏана гьел.\nРахьдал мацӏалъул бечелъиги, кӏодолъиги, гьеб нилъее хӏажатаб алат букӏинги бицун рачӏарал макъалаби рахъана газеталда. Амма рахьдал мацӏалъул учительзабазеги гьеб мацӏалда рахъулел газетазулгун журналазул хӏалтӏухъабазеги халкъалъул рухӏияб бечелъи хӏажатго гьечӏин абураб пикру тӏибитӏизабулел чагӏазул хӏал бергьиналъищали лъаларо, редакциялъул ахӏи рагӏулеб гьечӏо нилъер халкъалда. Хӏисаб гьабеха, магӏарул районазул бутӏруздаги, лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулездаги, школазул администрацияздаги кинго бичӏчӏулеб гьечӏо, мацӏ гьечӏеб миллат букӏунарин абураб пикру. Районазул бутӏрузул хӏалтӏуе, ЕГЭялъул хӏасилалъухъ балагьун, къимат кьезе бугин бицаралдаса нахъе гьезулъеги ккана рахьдал мацӏалде рокьукълъиялъул унти. Гуребани, миллаталъул хазина кколин мацӏилан тӏоритӏулел кӏудиял тадбиралги рукӏаго, кин кӏолеб умумузул ирсалъул бищун аслияб бутӏалъун кколеб мацӏ школалдаса бачахъизе? Гьединаб ккана мацӏ цӏунизе кколин балеб ахӏул хӏасил.\nУлкаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильева щвана Дагъистаналде. Гьелъ школазда гьарурал сапаразул хӏакъалъулъги бицана нижеца. Учительзабигун ракӏрагьараб гара-чӏвариги гьабун, гьезул унтаби-гӏузрабазухъги гӏинтӏамун, бецӏлъукьан бакараб чирахъ киниги, школалъул хӏалтӏухъабазул ракӏазулъ анищалъул хӏенехӏги кунчӏизабун, тӏадюссана гьей Москваялде. Гьанжениги нижер захӏмалъабазул унти рагӏана федералияй хӏакималдаян рукӏун ратила учительзабиги. Амма… Абизе бегьула, министралъул сапаралдаса хадуб байбихьанин рахьдал мацӏалде данде унго-унгояб рагъ. Махӏачхъалаялъул школазул учительзабаз бицана, дарсидеги рачӏун, битӏахъего цӏалдохъабазда кодоса рахъун анила цӏалул тӏахьал. Эбел-инсуца жидерго гӏарцухъ ричун росаралцин течӏила. Тӏехьги кодоб гьечӏого, кинха кьелел дарсал? Ресал, шартӏал ругел учительзабаз пайда босила интерактивияб хъорщодаса, Интернеталдаса. Гьеб гьечӏез щиб гьабилеб?\nЛъагӏалицаго бицана нижеца рахьдал мацӏ цӏунизе кколин, гьеб гьечӏони, миллат хутӏуларин, мацӏалъулъ цӏунун букӏунин халкъалъул рухӏги, тарихги маданиятги. Амма «лъукъ-лъукъараб» хӏанчӏил къисмат жеги бигъинабуна ахираб заманалда улкаялдаго бахъараб ахӏиялъ. Рахьдал мацӏиланги абун, миллияб мацӏ малъизе бегьуларин, цӏалдохъабазул эбел-инсухъа гьелъие ихтияр босизе кколин, улкаялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, миллиял республикабазул школазда халгьабиял тӏоритӏана федералияб прокуратураялъги Рособрнадзоралъги. Гӏажаиблъи – нилъер цӏалдохъабазул умумузе хӏажатцин батичӏо рахьдал мацӏ. Татарстаналъул улбузги интеллигенциялъул къокъабазги рагьун лъазабуна, жидер лъималазда рахьдал мацӏ малъулареб школа хӏажат гьечӏилан. Нилъералин абуни, кӏалдибе лъим босарал кинигин, руцӏцӏун чӏана. Гьелде тӏадеги, рахьдал мацӏ хӏажат бугищан гьабураб цӏех-рехалда гӏахьаллъарал умумуз абуна, гьелъул бакӏалда гӏурус яги ингилис мацӏалго бокьилин жидер лъималазда малъизеян.\nХиса-басиял\nОльга Васильевалъ щулияб рагӏи кьун букӏана учительзабазул харжалги хӏакъикъаталда цӏикӏкӏинаризе ругин ва къваригӏелго гьечӏел кагътал цӏезариялдасаги гьел эркен гьаризе ругин. Амма гьеб иш жеги рагӏалде бахъинчӏо. Министралъ кьурал рагӏабазул чангояб гӏумруялде бахъинабунги бажарана. Масала, цогоял пачалихъиял экзаменазда гьоркьоса нахъе бахъана тестазулаб бутӏа. Химиялъулги, биологиялъулги, физикаялъулги экзаменазул тӏадкъаязда тӏаде журана къокъаб жаваб кьезе кколел тӏадкъаял. Экзаменалъул хӏалтӏи тӏубазабизе кьуна 180 минуталъул бакӏалда 210 минут. Экзаменазул тӏоцересел бутӏабазде тӏаде журана таблицабазул яги схемабазул камун ругел бутӏаби рахъизе. Улкаялъул цо-цо регионазда гӏурус мацӏалъул кӏалзулаб бутӏа кьезабуна. Гьелъул хӏасилал лъикӏал ккани, 2018 соналдаса нахъе кӏалзулаб бутӏа гьабизе буго киназего гӏаммаблъун.\nБайбихьана «Доступная среда» абураб программа гӏумруялде бахъинабизе. Гьелда рекъон, лъайкьеялъул идарабазда гьаруна сакъатал лъималазе санагӏатал шартӏал: школазда ва вузазда чӏезаруна пандусалги, классазда лъуна сакъатазе квалквал гьабуларел партабиги. Хӏалтӏизе байбихьана цӏиял школал раялъул хӏакъалъулъ программаби – гьезие бихьизабун буго 10 сон. Школазде тӏадбуссинабулеб буго астрономиялъул дарс. Цӏалдохъабазда тӏадкъалеб буго классаздаги школалъул азбаралдаги рацӏцӏалъи гьабиялъул ишги.\nИсана байбихьана школазул цӏалул тӏахьазул халгьабиги. РАНалъул гӏалимзабазул пикру хӏисабалде босараб гурони цӏалул тӏехь школалда хӏалтӏизабизе гьукъана цӏияй министралъ. Цоязул ракӏбохизабуна гьеб пикруялъ: гьез абуна, хьул бугин кьочӏолаб гӏелмуялъул хӏасил букӏиналда цӏалул тӏахьазулъин. Цогидазул буго гӏаксаб пикру: гьез абулеб буго, цӏалул тӏахьазул экспертиза гьабулинги бицун, пуланал чагӏазул чванта цӏезабизе багьана батанилан.\nСоветияб заманалда рукӏарал пионеразулги комсомолалъулги къокъабазул бакӏалда гӏуцӏана Россиялъул цӏалдохъабазул хӏаракат (РДШ). Гьабсагӏаталда Россиялда буго 80 регионалияб отделениеги 200 хасаб школаги. Гӏуцӏана гьелъул бутӏаби Дагъистаналдаги. Кинаб бакӏ кквелеб рехсараб хӏаракаталъ цӏалдохъабазе тарбиякьеялъулъ – жеги лъаларо.\nУчительзабазул хӏалтӏи хӏалуцинабуна Тӏолгороссиялъул контролиял хӏалтӏаби (ВПР) тӏоритӏиялъги. Цин гьеб кьезабуна 10-11 классазул цӏалдохъабазда (географиялъул). Киналго школазул цӏалдохъабазе чарагьечӏеблъунги кколароан гьеб. Хадуб ВПР хъвазе тӏамуна байбихьул класс лъугӏулел цӏалдохъаби.\nЩиб букӏине бугеб\n2018 соналда?\n3-4 проценталъ цӏикӏкӏинаризехъин руго вузазда бюджетиял бакӏал. Бищунго хӏажаталлъун рикӏкӏунел руго программирование (компьютеразул технологиял), промышленниябги гражданиябги бакӏал рай, юриспруденция ва гь.ц. махщелчагӏи.\nБакӏал цӏикӏкӏинаризе руго къватӏисел улкабаздаса Россиялде цӏализе рачӏунел студентазеги. Нилъехъе цӏализе рачӏине руго Китаялдасаги, Казахстаналдасаги, Туркменистаналдалдасаги, Тажикистаналдасаги студентал. Бищун гӏемер – 13 проценталъ цӏикӏкӏун – къабул гьаризе руго Сириялдаса студентал (455 чи). 20 студентасе букӏине буго «Гӏурус мацӏ ва адабият» абураб махщелалъе цӏализе ихтияр.\n2018 соналда школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазда мализе буго «финансалъулаб лъай букӏин». Гӏисинлъималазда малъизе руго Россиялъул гӏарцул сипат ва цогидал жал.\nЕГЭялда хиса-басиял рукӏине гьечӏо. Гьедин лъазабуна РФялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда. Букӏана хабар, историялъул экзамен чарагьечӏеблъун гьабизе бугин абураб. Цӏалул стандартал хисизаризе кколеблъиялда бан, гьеб масъала нахъе бахъана. Гьединабго къисмат букӏине бегьула физикаялъулги, обществознаниялъулги, адабияталъулги, къватӏисел улкабазул мацӏазулги. Бицунеб буго, чарагьечӏел экзаменал рукӏине ругин школалда кьурал киналго дарсазул, амма дагь-дагьккун. Ракӏалда буго, экзаменал кӏиго бутӏаялде рикьизе: цоял кьезе ккола ичӏго класс лъугӏараб мехалда, цогидал – 11 классалдаса хадуб.\n2018 соналда 5-9 классазул цӏалдохъабазда малъизе буго «робототехникаги» астрономияги. Бицунеб буго, школалдаго малъизе кколин психологияги: хасаб дарс хӏисабалда яги ОБЖялъул бутӏа гӏадин. Гьелъие гӏиллалъун рехсолеб буго цӏалдохъабазда гьоркьор гьекъолдулезулги наркотикал хӏалтӏизарулезулги къадар гӏемерлъи.\n2017-2018 цӏалул соналда байбихьулеб буго «Основы кибербезопасности» абураб дарс кьезеги. Гьелъул мурад буго Интернеталдасан рукӏунел хӏинкъабаздаса лъимал цӏуни.\nХӏадурун буго хасаб проект – 23 сонил ригьалде рахинчӏел, цо лъимерги бугел улбузе тӏадегӏанаб лъай щвеялда бараб. Гьеб проекталда рекъон, гӏолохъанал улбузе рес кьезе буго заочно цӏализе ва хадубккун очнияб къагӏидаялде тӏадруссине.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "699-kumek-gabize-shchveyaldasa-razil-ula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=699-kumek-gabize-shchveyaldasa-razil-ula", "title": "Кумек гьабизе щвеялдаса разилъула", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Газеталде бачӏараб цониги кагъат кӏвар кьечӏого толаро\nДагъистаналда риччалел гӏемерисел газетазул ахирисеб гьумералда батӏи-батӏиял рубрикабазда гъоркь рукӏуна цӏалдолез СМСалъул кумекалдалъун ритӏун рачӏарал суалал. Гьеб буго хӏакимзабазухъа ва ихтиярал цӏунизе таразухъа кумекги щвечӏого, жидедаго законалги лъаларого, аскӏов гьикъизе, малъизе чиги гьечӏого, гьабизе жо тӏагӏиндал, балеб ахӏи. СМС битӏулаго, гӏадамал божун рукӏуна жидер ахӏи тӏалъиялда рагӏилин, гьеб рагӏизабизе ва гьезие жавабал щвезе газеталъги кумек гьабилин. Республикаялъул цогидал газетаз гьединал суалал къватӏире кьола, амма хадур лъугьун, гьезие жавабал ралагьун, хӏалтӏи гьабуларо.\n2013 соналъул июналде щвезегӏан «Хӏакъикъаталъги» ахирисеб гьумералъул «Рекӏел ахӏи» рубрикаялда суалал рахъун гурони, батӏияб хӏалтӏи гьабулароан. Хадуб нижеда бичӏчӏана, гьел суалазе специалистазул чӏванкъотӏарал жавабал газеталда рахъани, гӏемерал чагӏазе кумек щвезехъин букӏин. Редколлегиялъул хӏукмуялда рекъон, «Хӏакъикъаталъул» щибаб номералда цӏалдолезул суалазе кьуна «Рекӏел ахӏи» абулеб тӏубараб гьумер. 2017 соналда жаниб «Хӏакъикъаталъул» гьурмаздасан цӏалдолезе щвана 281 суалалъе жаваб. Гӏемерисел суалал рачӏуна мугӏрузул районазул росабалъа, хасго Лъаратӏа, Шамил ва Гъуниб районаздаса. Гьезул гӏемериселги рукӏуна учительзабаз, пенсионераз ва ветераназ ритӏун рачӏарал. Гьезул суалазул 60-65 процент ккола коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гӏарцул, ЖКХялдасан гьарулел гӏарзазул ва субсидиялъул хӏакъалъулъ суалал. Гӏемерал рукӏуна пенсия чӏезабиялда ва гьеб цӏикӏкӏинабиялда хурхарал. Гӏадамазул гӏарз буго токалъул, газалъул, лъел счетчикал лъолаго, хисулаго, къачӏалаго мастеразул ва инспекторазул хъантӏиялъул, иман тӏагӏиналъул хӏакъалъулъ бицунел. Хӏалуцун, къварилъун цӏалдолез цӏехолеб буго ракьул масъалабазда сверухъ, хасго «зеленкаялъул» хъвай-хъвагӏай гьабулаго бугеб чорокаб бизнесалъе ахир кида лъезе бугебилан. Къокъго абила, «Рекӏел ахӏиялде» рачӏунел суалазул цӏех-рех гьабуни, республикаялъул тӏалъиялда лъазе буго киб коррупция тӏегьалеб ва лъица закон хвезабулеб бугебали. Амма лъиеха гьеб хӏажат бугеб?\nЦӏалдолезул суалазе жавабазда хадур ниж ине ккола министерствабазде, ведомствабазде, юристазухъе, профсоюзазул нухмалъулезухъе ва хӏакимзабазухъе. Гӏемерисез берцинго къабул гьарула, гъираялда жавабалги кьола. Камуларо нерваби хвезарулелги. Кӏиго минуталда жаниб суалалъе жавабги кьун, тӏубазабизе бегьулеб ишалъе, гьез тӏалаб гьабула редакциялъул рахъалдаса официалияб кагъат. Гьединаб кагътида хъвараб суалалъе кьураб жавабги букӏуна тӏаса бихьизабураб. Гьедин, кьурал суалазе мухӏканал жавабал кьейилан цого идараялде чанго нухалъги ине ккола. Газеталдасан кьурал жавабал ричӏчӏизе ккола хӏакимасдаги дова магӏарда вугев вехьасдаги. «Дур жавабаздаса дида щибго бичӏчӏичӏо, суалазе жавабал гӏадатияв чиясда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ кьезе къваригӏун буго», — ян бадибчӏвай гьабидал, цо-цо министерствабазул ва ведомствабазул хӏакимзабиги жавабиял специалисталги цӏакъ ццидахуна. «Нужерго редакциялда чӏезаве юрист», — абун кӏалъала. Гьединал лъугьа-бахъинал ккечӏого хутӏуларо, гьедин хъачӏго кӏалъарал чагӏазда магӏаруласе хасиятаб къагӏидаялъ рагӏи абичӏогоги тӏубаларо.\nЦоги мисал, Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул жавабияв хӏалтӏухъан чӏана, редакциялъул рахъалдасан суалалъе жаваб кьейилан гьарун хъвараб официалияб кагъат гьечӏого специалистазе жавабал кьезе ихтияр букӏунарин. Хъвана «анкьго суалалъе жавабал кье» абун гьарун официалияб кагъат, гьелдаса нахъе ана анлъго моцӏ, ахӏана телефоналъ, ккечӏо хӏасил, унеб буго тӏубараб лъагӏел, «довго хурив довго Мусаги» вуго. Гьединабго къисмат ккана ДРялъул Социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялде ритӏарал суалазулги. Кин тӏубалеб гьеб тайпаялъул жавабчилъи гьечӏел «жавабиял хӏалтӏухъабазда» «берцинаб» рагӏи абичӏого?\nГазеталде суалал ритӏун рачӏарал чагӏазул хӏалкъай бичӏчӏулел ва гъираялда гьезул суалазе жавабал кьолел хӏакимзабиги, специалисталги, юристалги гӏезегӏан руго. Гьеб рахъалъ баркалаялъе мустахӏикъал руго: ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул отделалъул начальник Мухӏамадова Зоя, ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъан цӏуниялъул министерствоялъул специалист Хӏажимухӏамадова Сайхат, ДРялъул медицинаялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Султӏанов Гӏалидар, ДРялъул Пенсиялъул фондалъул хӏалтӏухъан Закалиева Патӏимат, ДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Гӏалиева Хадижат. Нижее бищунго цӏикӏкӏун кумек гьабулел чагӏи ккола ДРялъул Лъайкьеялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул юрист Мухӏамадсагӏидов Мансур ва адвокат Гъазимухӏамадов Шехмухӏамад. Баркала буго гьезие.\n«Рекӏел ахӏиялде» рачӏарал киналго суалазе жавабал кьун нижехъаги бажаруларо. Щайгурелъул «Хӏакъикъаталда» гьелъие цо гьумер гурони бихьизабун гьечӏо.\nСМСазда ва кагътазда хъван, нижехъе рачӏунел суалазул бугеб аслияб гӏунгутӏи ккола цӏехолеб жоялъул гӏураб мухӏканлъи гьечӏолъи, бичӏчӏизецин захӏмалъула щиб гьезие бокьун бугебали. Лъикӏаб букӏинаан, суалал хъвалаго, херал чагӏаз гьеб рахъалъ бичӏчӏи бугел гӏадамазда дандрани. Редакциялде битӏулеб кагътида хъвай нужерго телефоналъул номер, бичӏчӏулареб жо ккани, нужехъе ахӏун, гьелъул мухӏканлъи гьабизе санагӏат букӏине.\n«Хӏакъикъаталъул» «Рекӏел ахӏиялъ» гьабулеб хӏалтӏиялда цӏалдолезул ракӏрекъолеб букӏиналъе нугӏлъи гьабула баркала кьун нижехъе ахӏулеб, дандчӏвараб мехалда, гьезул бицунеб букӏиналъги, цо-цояз редакциялдеги рачӏун, нижер квер бачиналъги.\n«Рекӏел ахӏиялде» ритӏун рачӏарал инсанасул напс гӏодобегӏан гьабулел, хӏакимзаби ва нухмалъулел какун кьучӏ гьечӏел, нужеда жаваб кьезе кӏоларел СМСал ва кагътал газеталда рахъуларо. СМСалги ритӏе чияр телефоналдасан гурел, нужерго телефоназул номералги мухӏканго гъоркь хъван.\nНури Нуриев"}
{"slug": "700-l-agialil-insan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=700-l-agialil-insan", "title": "«Лъагӏалил инсан»", "date": "2017-12-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Эверест квегъарав магӏарулав\nМахӏачхъалаялда хӏасил гьабуна «Лъагӏалил инсан–2017» абулеб регионалияб конкурсалъул. Киналго разилъун, жюриялъ гьеб хӏурматияб цӏар кьуна Эверест квегъарав дагъистанияв, альпинист Рашид Хӏажиясуловасе.\nКонкурсалъулаб комиссиялъул председатель, ДГУялъул кафедраялъул заведующий Хӏамид Мухӏамадовас абуна, «Каспий-Медиа» регионалияб журналистлъи цебетӏезабиялъул централъ ва «Море-ТВ» телекомпаниялъ конкурс гӏуцӏун букӏанила регион цебетӏезабиялда кӏудияб бутӏа лъурал ва халкъалда гьоркьор машгьурал чагӏи тӏатинариялъул, кӏодогьариялъул мурадалда.\nГьес квегъана Эверест ва дунялалъул тӏохда (8848 метр) чӏвана Дагъистаналъул байрахъ», — ян абуна Хӏамид Мухӏамадовас.\nДагъистаналъул альпинизмалъул федерациялъул президент Петр Леоновас абуна: «Цебе Дагъистаналдаса лъицаниги гӏахьаллъи гьабун букӏинчӏо Джомолунгмаялде гьарулел экспедициязда.\nЭкспедициязде унел харжазул масъала тӏубалеб букӏарабани, Дагъистаналъул альпинистаз Эверест цебего квегъилаан. Рес ккарабго, Рашидица гьел мугӏрузул тӏогьиб гӏагараб улкаялъул байрахъ чӏвана», — ян.\nЭверест мукӏур гьабурав Рашид Хӏажиясуловасе шапакъаталъе кьун букӏана «Эдельвейс» абураб орденги.\nХӏурматияв Рашид, дур бахӏарчилъиялъе, къохӏехьеялъе, цебелъураб масъала тӏубазабиялъе бахъулеб жигаралъе ва яхӏ-намусалъе мукӏурал руго киналго дагъистаниял. 2017-абилеб Рашидил сонлъун кколеб буго: мун вахана дунялалъул тӏохде ва мустахӏикълъана «Лъагӏалил инсан» абураб цӏаралъе. Дуца дунялалдаго рагӏизабуна мугӏрузул улкаялъул цӏар. Баркула дуда тӏаде щолеб 2018 сон, гьарула дуе ва дур хъизамалъе талихӏаб гӏумру, щулияб сахлъи.\nНури Нуриев"}
{"slug": "714-tokhturasul-kharzh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=714-tokhturasul-kharzh", "title": "Тохтурасул харж", "date": "2018-01-12 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Хьитазул устарасда бахиллъун…\nКӏиго ставкаялда хӏалтӏаниги, «маялъул указал» тӏуразаризе захӏмалъулеб буго\n«Сахлъи» абураб медицинаялъул хъулухъазул халгьабиялъул фондалъги Тӏолгороссиялъул халкъияб фронталъги (ОНФ) цӏех-рех гьабуна «Тохтурасул справочник» абураб мобильнияб приложениялъул. Гьениб хъвай-хъвагӏай гьабун буго 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун медицинаялъул хӏалтӏухъанас. Гьез баянал кьуна моцӏрол харжалъулги, 2017 соналда жидер харжал цӏикӏкӏун рукӏанищанги, чан ставкаялда хӏалтӏулел ругеланиги ва харжал заманалда кьолищалиги.\nРФялъул Захӏматалъул кодексалда рекъон, тохтурасул ихтияр буго анкьида жаниб 39 сагӏаталъ хӏалтӏизе. Гьелъухъ тохтурасе щвезе бегьула 15000-20000 гъуруш. Цӏех-рехалда гӏахьаллъарал тохтурзабазул 21,4 проценталъ абуна цо ставкаялъухъ жидее щолин 15 азарго гъуршидаса дагьаб гӏарац. 21,7 проценталъе щола 15-20 азарго гъуруш ва 16,3 проценталъе – 20-25 азарго.\n25-30 азарго гъуруш щолин абуна 10,8 проценталъ. 30-35 азарго – 8,5 проценталъ, 35-50 азарго щола 12,9 проценталъе ва 8,4 проценталъе – 50 азарго гъуршидаса цӏикӏкӏун.\nКколелдасаги цӏикӏкӏун хӏалтӏула\n2017 соналъул январь-сентябралда Росстаталъ кьурал баяназда рекъон, Россиялъул тохтурзабазул гьоркьохъеб моцӏрол харж бахуна 53,1 азарго гъуршиде. Официалияб баяналдаги тохтурзабаз бицаралдаги гьоркьоб буго кӏудияб батӏалъи. Гьеб батизе бегьула, официалияб статистикаялъ гӏемерисел тохтурзаби цо чанго бакӏалда цадахъго хӏалтӏулеллъи кьочӏое босунгутӏиялъул хӏасил. Цӏех-рехалдалъун чӏезабуна, цо ставкаялда хӏалтӏула тохтурзабазул 42 процент, 20 процент хӏалтӏулев вуго цогун бащдаб ставкаялда ва 11 процент – кӏиго ставкаялда.\nЦӏикӏкӏун гӏарац щвеялъул мурадалда ставкаялдасаги гӏемер хӏалтӏи тӏаде боси ругьунаблъун лъугьун буго тохтурзабазе. Хъизан хьихьизе рес гьечӏолъиялъ гьел хӏалтӏулел руго Захӏматалъул кодексалъ чӏезабураб заманалдасаги цӏикӏкӏун. Цо-цояз абулеб буго, хьитазул устарлъун хӏалтӏаниго, цӏикӏкӏараб хайир щвелаанин.\nРосстаталъул хӏалтӏухъабаз абулеб буго, тохтурзабазул харжазул хӏисаб гьабулеб мехалда жидеца кьочӏое босулин хайиралдаса кьолеб налогалъул 13 процентги. Гьелде тӏадеги, гьезул пикруялда, цӏех-рехал гьарулеб мехалда, гӏадамазе хасиятаблъун буго жидее щолеб харж дагьлъизаби.\nХарж чӏезабулеб къагӏида\n2017 соналда тохтурзабазул харжал цӏикӏкӏана 17 проценталъ. Гьебго заманалда тохтурзабазул 63 проценталъул ставка хисичӏо ва 20 проценталъул – дагьлъана.\nРФялъул хӏукуматалъул планалда рекъон, тӏоцебесеб октябралда медиказул моцӏрол харж цӏикӏкӏине кколаан 180 проценталде щвезегӏан, регионалъул экономикаялда бугелде дандеккун. 2018 соналдаса нахъе, улкаялъул президент Владимир Путиница 2012 соналда гъолбасарал указазда рекъон, тохтурзабазе щвезе ккола регионалъул гьоркьохъеб харжалъул 200 процент.\nТохтурасе харж кьола Медицинаялъул чарагьечӏеб страхованиялъул федералияб фондалдасаги (ФОМС) регионалъ тӏаде кьолебги гӏарцул бутӏабаздасан. ФОМСалъул бюджеталъул проекталъул цеберагӏиялдасан баянлъула, сахлъицӏуниялъул бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏикӏкӏинаризе ккани, ФОМСалъе камулеб буго 266 млрд гъуруш. Регионазулги рес гьечӏо, бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏикӏкӏинаризе. Масала, Карелиялъ цебеккунго лъазабуна, жидер гьелъие рес гьечӏеблъи. Амма РФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул пресс-централъ лъазабуна, улкаялъул президентасги хӏукуматалъги цебелъураб масъала жидехъа тӏубазабун бажарулин.\nПолина Звездина,\nРБК\nРакӏунтараб тӏалаб гьабула гьаниб\nНиж, ай унтарал разиго хутӏана Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда бугеб больницаялда регаразул гьабулеб тӏалабалдаса ва хӏалимаб бербалагьиялдаса.\nРакӏ-ракӏалъулаб баркала буго больницаялъул бетӏерай тохтур, медициналъул гӏелмабазул кандидат Мухӏамадова Заремае, неврологиялъул отделениялъул нухмалъулей Хӏамзатова Салихӏатие, функционалияб диагностикаялъул ва УЗДГялъул тохтур Набиева Элмирае ва тӏолабго коллективалъе.\nБольницаялда чӏезарун руго унтаразе хӏажатал шартӏал, дараби, къойида жаниб щибаб ригьалъ 3-4 нухалъ кьола тӏагӏамаб квен, киса-кибего чӏезабун буго рацӏцӏа-ракъалъи. Больница хьезабун буго медициналъул гьанжесел алатаздалъун, хӏухьбахъиялъе буго хас гьабураб бакӏ, как базе рукъ ва цогидабги. Ниж гӏадин, Аллагьги разилъаги гьеб больницаялъул коллективалдаса.\nУнтаразул гьариялда рекъон хъвана Гӏашилтӏаса Исмагӏилов Мухӏамадица ва Кӏуядаса Хӏасанов Мухӏамадица.\n* * *\nГьебго больницаялъул хӏалтӏухъабазе баркала кьураб кагъат бачӏун буго редакциялде Цӏатӏанихъа Патӏимат Шамсудиновалъги.\n«Унтарасдехун тӏалаб-агъаз цӏикӏкӏарал, инсанасул рекӏелъе нух батулел, ракӏ аваданал ва хӏеренал тохтурзабигун дандчӏвана дун. Хасго больницаялъул бетӏерай тохтур Мухӏамадова Зарема, врач-терапевт Хӏамзатова Салихӏат, медсестра Дибирчуева Мадина. Ракӏалъ тӏасабищараб махщел гӏумруялде, гӏамал-хасияталде дандеккарал ругоан гьел киналго. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго киназего», — ян хъвалеб буго гьелъ."}
{"slug": "716-ajkeyal-ul-khisa-basiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=716-ajkeyal-ul-khisa-basiyal", "title": "Лъайкьеялъулъ хиса-басиял", "date": "2018-01-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ришватчилъиялъе нухал къала\n2018 соналда улкаялъул лъайкьеялда букӏине буго анлъго хиса-баси\n1. Школазда малъизе буго «Семьеведение» абураб дарс. Гьедин лъазабуна Россиялъул омбудсмен Анна Кузнецовалъ 12 декабралда Москваялда гӏагарлъухъ бугеб Аносиноялда тӏобитӏараб инсанасулги лъималазулги ихтиярал цӏунулел вакилзабазул данделъиялда. «Хъизамалъул талихӏалъул дарсал» абураб дарс кьолеб буго гьабсагӏаталда улкаялъул 38 регионалда. Цӏалул тӏехь хӏадурана кашиш Дмитрий Моисеевасги монахиня Нина Крыгиналъги. Гьелда бицунеб буго хъизан гӏуцӏулел къагӏидабазулги гӏемерал лъимал ругеб хъизамалда букӏине кколеб тарбиякьеялъулги хӏакъалъулъ. Гьел дарсазул аслияб мурадги буго щулияб хъизан гӏуцӏизе гӏолилал куцай.\n2. Байбихьул школалда чарагьечӏого букӏине буго шахматазул дарс. Гьедин лъазабуна 10 октябралда РФялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильевалъ, Федерациялъул Советалъул «хӏукуматалъул сагӏаталда».\n3. Лъайкьеялъулги Сахлъицӏуниялъулги министерствабаз хӏадуризе буго физкультураялъул дарсида лъимал цӏуниялъул хасаб проект. Гьелъие гӏиллалъун ккана гъоркьиса физкультураялъул дарсида 211 цӏалдохъан хвей. Гьезул учительзабазда лъалеб батичӏо цӏалдохъабазул сахлъиялъул хӏакъалъулъ кинабгӏаги баян. Гьединлъидал гьезухъа бажаричӏо хехаб кумек гьабунги. Пашманал хӏужаби ккеялъе гӏиллалъун рехсола школазда щивав цӏалдохъанасул сахлъиялъул баянал кьолел медицинаялъул картаби гьечӏолъиги.\n4. Ичӏабилеб классалда букӏине буго гӏурус мацӏалъул экзаменалъул кӏалзулаб бутӏа. 2018 соналда гьеб кьезе буго Россиялъул цо чанго регионалъул цӏалдохъабаз. Гьез цӏализе ккола гьитӏинабго хабар ва гьелда тӏасан учительгун гара-чӏваризе ккола. Регионазда экзаменалъул хӏасилал лъикӏал ккани, 2019 соналдаса нахъе гьеб кьезабизе буго тӏолалго субъектазул цӏалдохъабазда.\n5. Тӏолгороссиялъул олимпиадабазда халкквей кьваризабизе буго.\nТӏолгороссиялъул олимпиадаялда чӏел босарал цӏалдохъабазул 40 проценталъухъа бажарулеб гьечӏо, бищун гӏодорегӏанасел баллазданиги профилиял экзаменал кьезе. Абулеб буго, олимпиада бугин ришватчилъиялъул кумекалдалъун къадруял вузазул бюджетиял бакӏазде нух батулеб къагӏидаян. Гьединлъидал Министерствоялда ракӏалда буго, олимпиадаби тӏоритӏулел бакӏазда видеокамерабиги лъун, кьварараб халкквей гӏуцӏизе.\n6. Школазда кьезе руго нухазда низам цӏуниялъул къагӏидабазул дарсал. Гьел хӏажат рукӏиналде кӏварбуссинабуна РФялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильевалъ 18-19 декабралда Москваялда тӏобитӏараб Ишазул форумалда. «Лъималазе дарсал цӏакъго цӏикӏкӏинаризе бегьуларо, амма нухазда хьвадиялъул къагӏидаби гьезда лъазе ккола жалго цӏуниялъул мурадалда», — ян абуна гьелъ.\nМоцӏида жаниб кӏиго нухалъ яги хасал дарсазда цӏалдохъабазда малъизе руго нухазда хьвадиялъул къагӏидаби.\nЦӏарал хисаниги, долго тӏалабал\nУчительзабазухъа бажарулеб гьечӏо цӏиял федералиял стандартазда рекъон хӏалтӏун\n2017 соналъул ахиралде Москваялда тӏобитӏана «Ишазулаб форум» («Форум Действий»). Гьелде хӏадурлъулаго, Россиялъул халкъияб фронталъ (ОНФ) гьабуна школазул учительзабазда гьоркьоб хасаб цӏех-рех. Учительзабазе кьуна федералиял стандартазда тӏасан суалал. Цӏех-рехалъул хӏасилалда баянлъана цӏиял ФГОСазда рекъон хӏалтӏизе учительзабазул гӏемерисел хӏадур гьечӏеблъи.\nОНФалъул баянал дандекколаро РФялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул хӏасилазде. Гьезда рекъон, цӏиял ФГОСал гӏумруялде рахъинариялъул мурадалда, 2017 соналъул тӏоцебесеб сентябралде учительзабазул 94,5 проценталъул лъай камил гьабуна, ва министерствоялъ лъазабун букӏана гьезухъа бажарулин цӏиял стандартазда рекъон хӏалтӏизе.\nХалкъияб фронталъул хӏаракатчагӏаз тӏобитӏараб цӏех-рехалда гӏахьаллъана Россиялъул 63 регионалдаса 600 учитель. Гьезул 36 проценталъ гурони абичӏо жидеца стандартазул текст цӏаланин. 22 проценталда текст лъаларо, амма гьел хьвадана лъай камил гьабиялъул курсазде яги ФГОСазул хӏакъалъулъ бицунел семинаразде. Учительзабазул ичӏго процент стандартазул тексталъухъ тӏаса-масаго балагьун буго. Анлъго процент стандартазул текст лъалеб буго цогидаз бицаралдасан ва кӏиго проценталда гьезул хӏакъалъулъ щибниги лъаларо.\nУчительзабаз батӏи-батӏиял пикраби загьир гьаруна ФГОСазул баянал кьеялъул мурадалда гӏуцӏарал лъай камил гьабиялъул курсазул хӏакъалъулъги. 23 проценталъ гьел рикӏкӏана цӏакъ пайдаяллъун. 20 проценталъе стандартазул хӏакъалъулъ дагьа-макъабго гурони бицун гьечӏо: аслияб кӏвар буссинабун буго жидеца школалда кьолеб дарсил методикаялде. 16 проценталъул жавабазда рекъон, гьезда бицун буго ФГОСазул цо-цо рахъазул хӏакъалъулъ, масала, экологияб тарбиякьеялъул, яги информациялъулал технологиязул, ялъуни сахлъицӏуниялъул технологиялъул. Гьез абуна, кин гьел стандартал гӏумруялде рахъинаризе кколебали жидее баян кьечӏин.\nЦӏиял педагогиял технологиял лъалел ратана учительзабазул 20 проценталда. 56 проценталъ абуна жидеда лъалин цо чанго технологияги методикияб къагӏидаги ва гьезул кумекалдалъун жидехъа бажарулин стандарталъ цебелъолеб масъала тӏубазабун. 10 проценталда лъаларо цӏиял ФГОСазда рекъон хӏалтӏизабизе кколеб цониги технология. 37 проценталъ абуна жидер ишцоязда лъаларин, кин гӏумруялде бахъинабизе кколеб цӏияб стандарт ва гьел хӏалтӏулел ругин ругьунабго къагӏидаялда рекъон.\nЦӏех-рехалда гӏахьаллъарав щивав ункъабилев учителасул пикруялда, ФГОСал ккола нилъер лъайкьей цебетӏезабиялъе квербакъулеб документ. 30 проценталъ абуна цӏияб стандарт бугин цоцаде рекъонкколарел, лъиданиги ричӏчӏуларел ва гӏемерисел хӏажат гьечӏел жал, жуба-гъубараб документ. 14 проценталъул пикруялда, ФГОСазулъ гьечӏо щибниги цӏияб жо: учительзабаз кидаго гьабулаан стандарталда хъвараб жо, гьелда гьанже кинабго хъван буго, ругьунал къагӏидабазе ва тӏалабазе «цӏиял цӏаралги кьун»."}
{"slug": "718-pashmanab-khabar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=718-pashmanab-khabar", "title": "Пашманаб хабар", "date": "2018-01-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Свана Мариналги талихӏалъул чирахъ\nМухӏамадгӏалиева Марина. Гьаюна 1964 соналъул анкьабилеб августалда Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъ учительзабазул хъизаналда. Эмен вукӏана химиялъул ва биологиялъул учитель, эбел — гӏурус мацӏалъул учитель. Маринал букӏана кӏудияб хъизам. Гьединаб хъизамалда гьаюрай Марина гӏолей йикӏана гӏаданлъи цӏикӏкӏарай, магӏарул яхӏ-намус тӏадегӏанаб борхалъиялда лъурай гӏолохъанчӏужулъун. Школа лъугӏидал, гьелъ тӏасабищана бухгалтерасул махщел ва цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул финансалъулаб техникумалде. Хӏалтӏана Хьаргаби росулъ банкалда бухгалтерлъун. Гьениб Маринал лъай- хъвай ккана гӏумруялъул вукӏинесев гьудул Гӏалилгун. Берцинаб хъизамалъулъул гъасда канаб цӏа бакана Маринаца. Гьеб берцинлъиялда дагьабги гвангъараб нур базабуна гьезул лъималаз. 1988 соналъ гӏуцӏана «Ватӏан» абураб лъималазул кьурдул ансамбль. Киса-киего Гӏалил кумекчӏужулъун йикӏана Марина. Гьелъ росасул ракӏчӏезабулаан ансамблялъул цӏарги гьунарги Дагъистан тун къватӏибехун рагӏизе букӏиналда. Гьелъ кумек гьабулаан кьурдухъабазе костюмал рищизеги, гьей йикӏана гьесул секретарьлъунги менеджерлъунги. Марина йикӏана Гӏалил гӏумруялда цӏакъго цӏакъ гвангъараб цӏвалъун, гьесул къисматалда талихӏалъул накъишал угьарай хӏурулгӏинлъун. Гӏалил машгьурлъиялъулъ буго Мариналги кӏудияб бутӏа. Гьел кидаго цадахъ унаан ансамбльгун. Бокьулаан гьелъие гьитӏинал гьунарчагӏазул тӏалаб-агъазалда йикӏине, эбелалъе гӏадин хириял рукӏана гьелъие Гӏалил «лъимал». Абула, цӏакъго гвангъараб цӏва хехго сунилан. Свана Мариналги талихӏалъул чирахъ. Гъанситохъ бакараб цӏадул кунчӏигицин букӏина гьанже кьерукъаб. Гьеб цӏадул щибаб хӏенхӏилъан гьимила Гӏалиеги, лъималазеги, гьезулги лъималазеги хӏикматай лъадулги, йокьулей эбелалъулги, недегьай дахӏабабалги хӏайранаб сипат. Камуна Гӏалие жиндир цӏар тӏадегӏанал цӏвабзазда гьоркьоб хъварай чӏужугӏадан. Бакъвала ясазул рекӏел тӏегь. Гьеб бухӏизе, чӏурхӏизе буго гьезул бухӏараб ва цӏакъго цӏамхӏалаб магӏуялъ. Инагьдила гъасда цӏа… Тӏадегӏанас сабру кьеги Маринал хъизамалъе ва гӏагарлъиялъе. Свана Мариналги талихӏалъул чирахъ. Гьелъухъ валагьидал, Гӏалида ракӏалдещвела гӏумруялъул гьудулалъ хъван тараб талихӏаб рокьул къиса…\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллектив\n***\nМухӏамад Юсупов\n11 январалда 82 сонил ригьалда къадаралде щвана Россиялъул жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, пачалихъалъул тӏадегӏанал хъулухъазда хӏалтӏарав Мухӏамад Юсупов.\nМухӏамадица нахъа тана цӏакъ бечедаб ва гьебго заманалда халкъалъе пайдаяб нух. Киве кканиги, щиб хӏалтӏи тӏадкъаниги, гьес кинабго гьабулаан ракӏбацӏцӏадго, гӏадамазул мурадал тӏурай букӏана гьесул борчлъун ва рекӏел ахӏилъун.\nСугъралъ росдал школа лъугӏидал, гьев цӏализе лъугьана Москваялъул пачалихъалъулаб экономикияб институталде. Хӏалтӏана ДАССРалъул Госпланалда экономистлъун, Совнархозалъул отделалъул начальникасул заместительлъун, 1963 соналда тӏамуна Госпланалъул председателасул заместительлъун.\n1969 соналда Мухӏамад вищана КПССалъул Буйнакск шагьаралъул комитеталъул тӏоцевесев секретарьлъун ва нахъисеб соналъго гьесда тӏадкъана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул промышленносталъул ва бакӏал раялъул рахъалъ секретарасул хъулухъ.\n1978-1983 соназда вукӏана ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул председательлъун. 1983-1990 соназ Мухӏамадица тӏубазабуна КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тӏоцевесев секретарасул хъулухъ. Хадуб гьев вачана Москваялде ва хӏалтӏана РСФСРалъул Госпланалъул председателасул заместительлъун. 1992-1994 соназда хӏалтӏана Россиялъул экономикаялъул министрасул заместительлъун, 2001 соналде щвезегӏан вукӏана Грециялда РФялъул дармилал гьоркьорлъабазул вакиллъун.\nМ. Юсупов вукӏана хӏалтӏуе вижарав инсан. Гьесда лъалароан хӏухьбахъи щибжоялигицин. Мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде индалгицин, Мухӏамад тӏамуна «Сулахъалъул гидрокаскад» ОАОялъул генералияв директорасул гӏакълучилъун.\nКъойида жаниб цо чиясул мурад тӏубазе кӏвани, гьеб къо гӏадада араблъун рикӏкӏунарин абулаан гьес.\nРеспубликаялъул захӏматчагӏазул рекӏелъ гьев кидаго вукӏана ва хутӏана ракӏбацӏцӏадав нухмалъулевлъун. Аллагьас иманалда тӏовитӏун ватаги Мухӏамад, алжаналъул агьлулъунги гьавун ватаги."}
{"slug": "733-talikhial-ul-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=733-talikhial-ul-l-alkial", "title": "Талихӏалъул лъалкӏал", "date": "2018-01-19 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабула дуниял\nКигӏан бокьаниги руго дунялалда лъикӏал гӏадамал. Ралагьея сверухъе. Унго- унгоги ракӏ бохуларищ, гьезда берчӏвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб радал нилъее гьимулеб бакъги бакъул чӏоралгун нилъехъе талихӏ рещтӏинги. Рогьалил щубилъан гӏурччинаб гӏидраги гьимула нилъее, гӏидраялда рижарал кьер-кьерал тӏугьдузги салам кьола. Рекӏелъ рещтӏараб савуги биун уна, лъикӏал гӏадамал рихьидал. Тӏубараб къоялъ, кигӏан хӏалтӏаниги, свакги лъаларо, къварилъабиги кӏочона, гьезул гьурмада гьими бихьидал. Гьеле гьединал гӏадамазул сабруялъги, хӏеренлъиялъги, недегьлъиялъги, цогидаздехун бугеб тӏалаб-агъазалъги баччун буго дунял. Гьез нилъер ботӏролъа хъамула пашманал пикраби, къварилъиги кӏочона гьелгун ругебгӏан мехалда.\nГӏумруялъ диего гьабураб сайигъатлъун рикӏкӏуна дица Патӏиматгун гӏагарлъи. Умумузул гӏакъиллъиялдаса ккола гьаб ирсги — рукӏуна гӏадамал, жал дандечӏвани, цогидазе нухбитӏи кьолел, цо-цо чиясда берчӏвазецин бокьуларо, хасго сапаралъ унел ругони. Гьелда дун божула. Радалго Патӏимат йихьани, дие къо битӏулаан. Пашманлъиги аскӏоса лъутулаан, гьелъул гьимиялъ салам кьедал. Анкькьераб нургицин рещтӏун бугин гьелъухъилан кколеб асар лъугьунаан рекӏее. Сундулго агъазалдаги йикӏунаан Патӏимат — мадугьалзабазул рокъор лъалъачӏого хутӏарал тӏугьдулги рихьулаан гьелда. Гьезие лъимги босун, тӏаде гӏунтӏулаан Патӏимат, гьезие бадибчӏвайги гьабулаго. Ракъарал хӏанчӏазул чӏирчӏириги катитӏанчӏазул мимидиги рагӏулаан гьелда, лъехъ гӏашикъал маккалги рихьулаан гьелда. Цо къоялъ хӏалтӏуде инегицин кватӏана гьей, рукъ сверун къараб чали тун къватӏибехун сардилъ жиндир мимиди рагӏараб катитӏинчӏ хвасар гьабулей йикӏун. Гьеб къоялъ хъулухъалдасаги махӏрумлъана гьей. Доб букӏана штатал къокъгьарулеб заман. Начальникасе бокьичӏо ва рекӏее гӏечӏо гьей хӏалтӏуде кватӏиялъул гӏилла. Гьединал маргьаби жиндие рицунгейилан, гӏенеккизецин гӏенеккичӏо гьев Патӏиматихъ. Лъикӏ ургъани, унго-унголъунги щиб жоха кколеб кӏудияв хӏакимасе, эбелги хун, бакъуца холеб бугеб чиякъаб катитӏинчӏ!? Гьединал ишазухъ гьелъие кьеларо пачалихъияб премияги цогидал шапакъаталги. Конкурсалда бергьанин абураб дипломги кьеларо гьелъие. Амма нижер хӏикматай Патӏиматил буго кӏудияб сахаватаб ракӏ. Гьеб гӏола гӏумру тӏегьазеги, ракьалда толел лъалкӏал гвангъизеги, сверухъ ругезе талихӏалъул къатӏраби рикьизеги.\nГьанже, Патӏиматидаса дагьай рикӏкӏалъидал, араб заманалда хъвазе ккана цеберагӏиги. Буйнакск шагьаралда гьей йигеб заманалда, бищун цее гьелъухъ рещтӏунаан магӏарухъа ячӏарай дун. Бокьулаан гьейгун гара-чӏваризе, бихьа-таралъул хӏакъалъулъ бицине. Заманалдасан къисматалъ Патӏимат ячана Гъизляр шагьаралде. Лъабабго лъимерги каранде къан, гӏемер гӏодана гьей, бигъараб къисматалъул квачӏикье ккедал. Росас цӏияб хъизан гӏуцӏидал, гьей тӏадюссана жиндирго гӏагараб шагьаралде. Амма Патӏимат къуркьичӏо. Гьелъ гӏумру цӏидасан байбихьанилан абизе бегьула. Гӏисинал лъималги жалго тун, унаан гьей рогьалилъ яхъун, базаралде йичаризе, (рогьиналде бачӏунаан риидал пихъ базаралде). Къаденахъе цо-цо лъималазде щвезе рокъоеги ун, бакъинегӏан базаралда йичарулаан гьей.\n— Рокъой дун пашманал пикрабаз квегъулей йикӏуна, инсухъ гӏашикълъарал лъималазул берал рихьидал, магӏуги кквезе кӏоларо. Хӏалтӏудаго бигьалъи букӏуна дие, — ян абулаан гьелъ.\nДиргоги гӏемерлъана сапарал Гъизляралде. Урхъун йикӏуна дун гьанжеги дие хирияйлъун ва абадиялъе гӏагарайлъун хутӏизе йигей хӏикматай Патӏиматихъ.\nКвеш-лъикӏ, Тӏадегӏанасул кумекалдалъун, кӏудиял гӏуна Патӏиматил лъимал — кӏиго ясги цо васги. Гьезул буго тӏадегӏанаб лъай, гӏуцӏана хъизамалги. Киналго хӏалтӏулелги руго. Цо-цо базаралде йичаризеги ун, лъималазул лъималги хьихьун, хӏухьбахъиялда йикӏана Патӏимат.\nИргадулаб нухалда гьоболлъухъе щведал, Патӏимат ятана, гьанжего гьанже гьабураб чияр лъимерги хьихьизе бачун. Лъимадул эбел ячӏун йиго жий Москваялде иней йигила, лъагӏалидасан тӏадги юссинин, кӏиго анкь бараб жиндир лъимер хьихьейилан. Гӏолохъанай эбелалъ бицараб талихӏкъосараб къисаялда божарай Патӏимат разилъун йиго лъимер хьихьизе.\nДолдаса нахъе унеб буго кӏигогӏаги лъагӏел. Тӏокӏаб хабар лъачӏо лъимадул эбелалъулги…\nГьале дун нахъеги Патӏиматихъ гьоболлъухъ. Кигӏан гӏагарлъиялъ абуниги, лъималазул рокъобе лъимер кьезеги разилъичӏо гьей.\nДир меседил торгӏойиланги абун, гьелъ гьеб пакъир беэдулелъул, рухӏарал магӏил гараз, изнуги цӏехечӏого, чурула дир гӏанаби.\n— Гьаб лъимергун дир рокъобе бачӏанщинаб талихӏ. Щибдай дица гьабилеб букӏараб, гьитӏинав Гӏали веэдизе щвечӏевани. Гьесие кинидахъ кучӏдул ахӏулелъул рекӏее бачӏунеб рахӏатги рокъобго рещтӏунеб дунялго цӏураб талихӏги. Гьасда цадахъ дир рокъоб рещтӏанщинаб баракатги. Цо минуталъгицин макьу щвезе гьечӏо гьанже дида, Гӏалиги лъималазул рокъове кьун. Лъималазул рокъове чияхъеяли киса гурин, жийго гьесул эбел ячӏаниги, кӏвеларо гьанже дида Гӏали нахъе кьезе, — ян абула Патӏиматица.\nЖиндиравлъунго лъугьарав чияр васас цӏияб, батӏияб нуралъул талихӏ бачӏана Патӏиматихъе. Гьеб талихӏалъ хӏайран гьаюн йиго гьей.\nГӏумруялъул тӏохьол тӏанчал нахъехун регулелъул, Патӏиматида гьенир ратула талихӏалъул лъалкӏалги — гьел руго гьитӏинав Гӏалица гьелъул къисматалда угьарал рокьиги, талихӏги, сахаватлъиги."}
{"slug": "734-bishchun-l-ikiab-daru-itstsul-l-im", "url": "https://hakikat.info/?nationals=734-bishchun-l-ikiab-daru-itstsul-l-im", "title": "Бищун лъикӏаб дару — иццул лъим", "date": "2018-01-19 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Чаялъги, кофеялъги, соказгун компотазги лъеца гӏадинаб асар гьабуларо\nДиетологаз абула лъамияб квандасаги соказдасаги чорхое къваригӏараб къадаралда лъим щоларин, кофе-чаялъ гьеб хисуларилан. Чорхолъ лъим дагьлъани, чорхол чӏаголъи хола, бидул кьаби ва бидул тӏадецуй цӏикӏкӏуна, кӏал бакъвала, кӏуш дагьлъула. Къечон гьечӏинги абун, лъим гьекъечӏого тезе бегьуларо. Тохтурзабазги абулеб буго сордо-къоялда жаниб инсанас гьекъезе кколин 2-2,5 литр лъел.\nУнтабаздаса цӏуниялъе\nГӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехаз чӏезабуна гӏураб къадаралда лъим гьекъолеб бугони, 41 проценталъ рекӏел ва бидурихьазул унтаби дагьлъулин. Чехь-бакьазул хӏалтӏи лъикӏлъулин ва чорхолъ цӏекӏлъи дагьлъиялъе кумек гьабулин. Гьединго 45 проценталъ дагьлъулин рак-унти ккеялда букӏунеб хӏинкъиги. Лъеца квербакъула цӏайи дагь гьабизеги. Масала, кваналелде сагӏаталъ цебе лъим гьекъани, кваниде гъира дагьлъула. Чаялъул, сокалъул бакӏалда гьекъани, лъеца къваригӏел гьечӏел калорияздаса черх эркен гьабула. Чорхолъе бакӏарараб къваригӏел гьечӏеб лъамалъи къватӏибе инабула лъеца.\nГьализабичӏеб яги гьализабураб\nГьекъолеб лъим букӏине ккола черхалъе зарал гьечӏеб, бацӏцӏадаб. Цӏамхӏаллъи гьечӏеб лъелъ рукӏуна черхалъе пайдаял микроэлементал: калий, натрий, магний, гьединго газал: кислород ва азот. Гьалараб лъелъ гьел рукӏунаро, ай гьеб сверула щибго жо бихӏинабизе кӏолареб лъиналде ва гьелъ лугбал гьорозарула. Гьединаб лъеца лъалъазе бегьуларо тӏугьдулцин. Цӏамхӏаллъи гъорлъ гьечӏеб лъим бацӏцӏадаб букӏиналда щаклъи бугони, гьеб цӏцӏвизе ккола фильтразул кумекалдалъун, гӏарцул гъуд лъелъе биччани, гьелъ лъелъ рукӏунел заралиял бактериял ва микробал хвезарула. Пластикаялъул шушбузда жаниб бугеб лъим цӏуниялъе чӏезабураб заман букӏуна ва гьеб цӏикӏкӏун заман базегӏан тани махӏцине бегьула. Гьекъезе бищунго бацӏцӏадаблъун ва пайдаяблъун рикӏкӏуна салулъан ва чабхилъан, ай тӏабигӏиял фильтрабалъан бачӏараб иццул лъим.\nКин гьекъелеб?\nЧерхалъе зарал ккечӏого букӏиналъе, лъим гьекъеялъе цӏунизе ккола гьадинал къагӏидаби: лъикӏаблъун рикӏкӏунаро кваналеб мехалъ ва кваналелде цебе лъим гьекъезе. Щайгурелъул, лъеца квен бихӏинабулаго чорхолъе бачӏунеб цӏекӏлъиялъул (соляная кислота) къуват хола ва гьелдалъун квен регьине захӏмалъула. Лъим гьекъезе ккола дагь-дагьккун, къойида жаниб чанго нухалъ. Багӏарараб риидалги, бакӏаб хӏалтӏи гьабулагоги лъел роцен цӏикӏкӏинабизе ккола.\nЛъел пайда\nЛъеца кумек гьабула загьруял ва чорокал жалаздаса черх бацӏцӏад гьабизе.\nБацӏцӏадаб лъимгун цадахъ нилъер чорхолъе лъугьуна пайдаял микроэлементал (йод, калий, магний, фтор ва гь.ц.).\nЧорхолъ киналго биологиял лъугьа-бахъинал ккола лъел гӏахьаллъигун.\n* Лъим гьекъеялъ берцинлъула тӏом.\n* Лъел кумекалдалъун рекъезабула цӏа-кан.\n* Лъеца гьукъула гъиз свари.\n* Бигьалъизабула тӏулал ва ургьисалабазул хӏалтӏи.\n* Лъеца щвезарула инсанасул чорхол киналго лугбузде пайдаял веществаби.\n* Лъеца лъикӏлъизабула чорхол тӏолабго хӏалтӏи.\nКъваригӏунеб къадар\nКӏудияв чиясе сордо-къоялда жаниб 1,5-2 литр лъел къваригӏунин рикӏкӏуна. Гӏелмиял цӏех-рехаздалъун чӏезабун буго, 24 сагӏаталда жаниб инсанасул чорхол цо килоялъе 30 грамм бацӏцӏадаб лъел къваригӏунеблъи. Масала, 80 килограмм цӏайи бугев чиясе къваригӏуна 2,5 литр лъел.\nГьекъезе лъикӏаб\nГьекъезе ккола иццул, гӏазу-цӏер биараб лъим, гьеб щолеб гьечӏони, бацӏцӏадаб яги минералияб. «Лечебно-столовая» абулеб лъим тохтурасда дандбан гурони гьекъезе бегьуларо.\nКъанагӏат гурони дандчӏваларо чорхое хӏажатаб къадаралда лъим гьекъолев чи. Гьеб гъалатӏ бигьаго битӏизабизе бегьула гъоркьехун рехсараб щуго гӏакълу къабул гьабуни.\n1. Лъим гьекъей бухьинабизе ккола кинаб бугониги ишалда, гьелъ кумек гьабула гьелде ругьунлъизе. Масала, ворчӏана – лъел стакан гьекъана, хӏалтӏуде щвана – лъел цоги стакан гьекъана, къадекваназе иналде – цоги стакан… Гьедин лъим гьекъолеб бугони, гьелде ругьунлъула, ай хӏажатаб къадаралда чорхое лъим щола.\n2. Бачӏинахъего тӏубараб стакан лъел гьекъезе бокьичӏого букӏине бегьула. Хӏал гьабуге, цин гьекъе бащдаб стакан, 5-10 минуталдасан цоги бащдаб. Анкьго-анцӏго къоялдаса 24 сагӏаталда жаниб гьекъела лъел 2,5 литр.\n3. Хӏалбихье, балагье, щиб дандекколеб бугебали. Кидаго бацӏцӏадаб лъим гьекъезе захӏмалъулеб бугони, хӏалбихье лъелъе бацӏцӏадаб гьоцӏо жубазе, гьацӏул лъим цӏакъ пайдаяб букӏуна. Яги лъелъе рехе лимоналъул, гьуинаб пихъил кесек. Гьединаб лъел кьерги, махӏги, тӏагӏамги лъикӏаб букӏуна, пайдаги ккола. Амма тӏагӏамалъеги кьералъеги цӏакъго дагьаб къадаралда гурони я гьоцӏо, я лимон, яги цоги батӏияб тӏагӏам жубазе бегьуларо.\n4. Кванде къасд лъунищ – гьекъе лъим. Тӏадчӏун лъим гьекъезе ругьунлъи гуребги, гьелъул кумекалдалъун гӏодобе ккола черхалъул цӏайиги.\n5. Лъим кидаго бихьулеб бакӏалда лъун букӏине ккола. Гӏураб къадаралда лъим гьекъечӏого хутӏиялъе аслияб гӏилла ккола гьеб гьекъезе кӏочонеб букӏин. Гьединлъидал, лъим жаниб бугеб тӏагӏел кидаго лъезе ккола бихьулеб бакӏалда.\nСпециалистасул баян\nЛъел терапиялъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана тохтур-диетолог Гӏисаев Ахӏмадица:\n— Бацӏцӏадаб, цӏамхӏаллъи гьечӏеб лъим инсанасул сахлъиялъе пайдаяб букӏин цебего лъала. Амма, тӏадчӏун, щибаб къоялъ лъим гьекъезе киназухъаго бажаруларо, гьединлъидал, гьеб гьекъолел чагӏи цӏакъ дагьал руго. Гьезие дица гьадинал малъа-хъваял гьарила: гьалараб лъел сахлъиялъе щибго пайда букӏунаро, гьекъезе ккола хинаб ва бухӏизабураб лъим. Цӏорораб лъим гьекъезе бегьуларо, гьеб хинлъизабулаго гӏадада уна черхалъул гӏемераб къуват. Гьекъезе лъикӏаб буго газ гъорлъ бугеб лъим.\nГьалараб чаялъулги кофеялъулги сахлъиялъе кинабгӏаги пайда букӏунаро. Европаялъул рестораназда чаялъул яги кофеялъул чашкаялда хадуб кьола бацӏцӏадаб лъел стакан.\nКваналелде лъеберго минуталъ цебе бухӏараб лъел стакан гьекъани, квен лъикӏ бихӏуна, кваналаго гьекъани, чорхолъ бугеб лъамалъи дагьлъула ва кванараб жо бихӏунарого букӏуна.\nНури Нуриев"}
{"slug": "735-zakhimat-bikhichioni-rakhiat-bukiunaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=735-zakhimat-bikhichioni-rakhiat-bukiunaro", "title": "Захӏмат бихьичӏони, рахӏат букӏунаро", "date": "2018-01-19 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "«Дидо» продукция лъала, Дагъистаналда гуребги, тӏолабго Россиялда\nМагӏарухъ гӏуразда гьоркьов къанагӏатги ватиларо урбаялъул хӏалбихьичӏев, гьелъул пайдаял рахъал лъаларев чи. Ахирал соназда гӏемер дандчӏвала батӏи-батӏиял къагӏидабаз хӏадурараб, пайдаял тӏадежураяз бечед гьабураб, санагӏатаб цӏарагӏалъуб лъун бичулеб гьеб нигӏмат. Гьелда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола «Дидо» абураб цӏаралда гъоркь бичулеб урбаялъги. Дида гьеб дандчӏвана Дагъистаналда гуребги, гьеб тун къватӏибги. Дида лъалаан гьеб Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ хӏадур гьабулеблъи, амма дунго гьениве жеги щун вукӏинчӏо. Жакъа щвана, рихьана цехалги, гьабалги, гьабулеб хӏалтӏиги. Киналъулго хӏасил гьабун къокъго абуни, хӏалтӏи гӏуцӏун буго берцинго, низамалда, кванил нигӏматаздехун ругел тӏалабал цӏунун. Гьениб «Дидо» ОООялъул директор Гӏизраил Мухӏамадовасулгун гара-чӏвариги гьабуна дица.\n— Гӏизраил, фирмаялда «Дидо» абураб цӏар лъеялъе гӏилла щиб ккараб?\n— 1953 соналда Цӏунтӏа район абун цӏар лъуниги, умумузул кидаго букӏараб цӏар буго Дидоэтия, гьелдаса бачӏараб буго дидойцал абураб цӏарги. Район, миллат бокьиялъул, гьеб рекӏелъ цӏуниялъул цо гьитӏинабго бугониги бутӏа хӏисабалда, гӏемермиллаталъулаб Дагъистаналда ва гьеб тун къватӏибехун лъикӏаб, пайдаяб рахъалъан ниж лъай мурадалда лъуна гьеб цӏарги.\n— Щиб жанибе бачунеб нужер фирмаялъ?\n— Магӏарухъ буго «Нево» (цӏунтӏадерил мацӏалда Мокъокъ росдал цӏар) фермеразулаб магӏишат. Гьелъ гӏезабула цӏоросаролъ, бакӏарула ахбазаналъул пурчӏун. Гьаниб нижер буго 20 гьобо. Гьабула урбаялъул 25 ва ханждал 12 тайпа, гьезда цадахъго риччала батӏи-батӏиял нахал, гьарула хурдузул чаял. Гьеб киналъего нижер вуго 7 хӏалтӏухъан. Гьаб хӏалтӏуе байбихьи 1994 соналда лъуна дир инсуца.\n— Къватӏире риччарал нигӏматал кир нужеца ричулел?\n— Тӏоцересел соназда, жиндирго ролъ, цӏоросаролъ, лъелъгун урба, ханжу гьабизе ва гьабураб босизе гӏадамал гьанире рачӏунаан. 2005-2006 соназда нижеца байбихьана гьел Гъизилюрт тун къватӏирги, ай тӏолабго Дагъистаналда ричизе. 2011-2012 соназда нижер нигӏматал лъана Россиялъул цоги регионаздаги, гьабсагӏаталда гьел лъала Россиялъул 65-70 шагьаралда. Гьел уна Казахстаналде, Белоруссиялде, ритӏана Турциялде, Гӏизраилалде, Китаялде.\n— Ругьунаб гуреб нигӏмат бугелъул, урба кин къабул гьабулеб къватӏисел пачалихъаз ва захӏмат бихьулищ гьенибе гьеб битӏизе?\n— Дора бокьарал нигӏматал ругониги, гьезулъ буго химиялъул, сахлъиялъе заралиял тӏадежураязул кӏудияб къадар. Гьединлъидал доз балагьулеб буго химия гьоркьоб гьечӏеб, тӏабигӏияб нигӏмат. Гьеб рахъалъ щибха бащалъилеб нилъер урбаялда. Гьабсагӏаталда, гьанжего-гьанже байбихьун бугелъул, дораса кӏудиял заказал рукӏунаро, гьединлъидалги батизе бегьула, гӏиси-бикъинал захӏмалъаби рехсечӏони, бицине гӏурал квалквалал таможениялъ гьаруларо.\n— Дагъистаналда гӏезегӏан руго урба гьабулел гӏадамал. Багьа-даража хӏисаб гьабун, кинаб бакӏ гьезда гьоркьоб нужеца кколеб?\n— Конкуренция буго, гьеб кидаго букӏинеги ккола, гьелдаса хӏинкъизе ккараб хӏал нижер гьечӏо. Нижер нигӏматазул лъикӏаб даража буго, гьеб гӏодобе ккезе толаро, рекъараб багьаги буго. Жакъа гӏемераб хайир щвезейин жуварав, метер заралалде ккола. Ниж инчӏо гьеб нухдасан. Нижеда битӏараблъун бихьана дагьаб бугониги хӏалаллъи бугеб, тӏаде-гӏодобе кколареб хайир щоледухъ хӏалтӏи гӏуцӏи. Нижеда батана ва нижеца ккуна нижерго бакӏ. Республикаялда, цониги нухалъ нижер нигӏматазул хӏалбихьаразда цохӏо лъикӏаб рахъалъан лъала «Дидо» цӏар ва гьелъул хӏалтӏи.\n— Мун вуго гӏолохъанчи, дур буго 21 сон. Гьаб жавабчилъи бугеб, гӏезегӏан захӏматаб хӏалтӏиги тун, жакъа гӏолохъанаб гӏелалъе цӏикӏкӏун бокьулеб шагьаралъул «бацӏцӏадаб» хӏалтӏудехун ракӏцӏаларищ дур?\n— Нижер росулъ (Мокъокъ-Нево) букӏана лъел гьобо, дир кӏудияв эмен хӏалтӏулаан гьенив. Дие цӏакъ бокьулаан гьевгун цадахъ гьениве ине, доб мехалъго берцин бихьулаан гьеб хӏалтӏи. Хадуб, гӏодоблъиялде гочиндал, дие бокьун букӏана дунго бетӏергьанаб хӏалтӏуда вукӏине. Гьаб буго дир умумузги гьабулеб букӏараб, дие бокьулеб, дида лъалеб, дие данде кколеб хӏалтӏи. Дир буго кӏиго лъимер, буго тӏадегӏанаб экономикияб лъай, вукӏана Махӏачхъалаялдаги. Дора гӏемерал гӏолохъаби руго, хӏалтӏиги гьечӏого, хӏажат гьечӏел ишазда, гьелда рекъараб хьвада-чӏвадигун. Гьеб дие данде кколаро. Хӏалтӏул захӏмалъиялъул бицани, гӏадада гурелъул абулеб — захӏмат бихьичӏони, рахӏат букӏунарин.\n— Пачалихъалъул рахъалдасан кумекго щванищ нужее?\n— Ниж чанго нухалъ лъугьана къарзалъе гӏарац босизеги, грантазда гъорлъе лъугьинеги, амма нижеда бичӏчӏана, «откатал» дора тун гурони, гӏарац щвезе толареблъи. Гьеб къагӏида нижееги бегьуларо, гьедин хӏалтӏун ругьунал гьечӏо ниж.\n— Халгьабияз бизар гьарулищ?\n— Гьел гӏемер рукӏуна, гьезде ругьунлъун руго ниж. Гъоркьиса нижехъе щвана Москваялдаса кӏиго комиссияги — нижее лъикӏаб къимат кьун гурони, гӏунтӏизабизе гӏайиб гьезул букӏинчӏо. 2012 соналда Москваялда тӏобитӏараб «Меседилаб хасалихълъи» выставкаялда нижер урбаялъе щвана меседил медаль. Гьединабго выставкаялда 2014 соналда щвана мазгарул медаль, 2015 ва 2016- абилел соназда — гӏарцулал медаль.\n— Нужер нигӏматал лъикӏаб даражаялъул ва гьел «Дидо» цӏаралда гъоркь риччалел рукӏиналдаса чӏухӏи букӏунищ дур?\n— Дун вуго хӏалтӏулев чи, бусурбанчи. Бусурбанчиясул жиндасаго, жиндирго хӏалтӏудаса чӏухӏи букӏине бегьуларо. Дир чӏухӏи буго дирго халкъалдаса, дир умумуздаса, нус-нус соназ, захӏматал шартӏазда гьал миллиял кванил нигӏматал къватӏире риччаялъул иш хвезе течӏого цӏунизеги цӏунун нижехъе кьеялдаса.\n— Кинал ругел хадусел планал?\n— Гьаб хӏалтӏи гӏатӏид гьабун, даража борхизабун гурони, гьеб тезе ракӏалда гьечӏо. Гьабсагӏат гӏемерал гӏадамазул, хасго гӏолохъанаб гӏелалъул аслияб масъала буго хӏалтӏи гьечӏолъи. Хӏалтӏуца ккун вугев чиясул квешлъиялда, чорокал ишазда тӏад ургъизе заманги, ресги, хӏажалъиги букӏунаро. Хӏалтӏи ва тарбия — гьеле гьелъ цӏунула гӏолохъаби къваригӏел гьечӏел пикрабаздаса ва ишаздаса. Дие цӏакъ бокьилаан гьеб кӏвар бугеб ишалъулъ цо гьитӏинабго бутӏа нижецаги лъураблъун букӏине.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "749-rakhunel-untabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=749-rakhunel-untabi", "title": "Рахунел унтаби", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Цӏуна-къай гьабизеги лъазе ккола\nИсана Дагъистаналда гӏадамал квачалъ унтиялъул хӏужаби,\nарал соназда дандеккун, кӏиго нухалъ дагьлъун руго\n2018 соналъул январалъул ахиралде Дагъистаналда хъвай-хъвагӏай гьабун буго ОРВИялъ унтарав лъабазаргогӏанасев чиясул. Гьезул гӏемерисел (68,8 %) руго балугълъиялде рахинчӏел. Гьелъие бугеб гӏиллалъун рикӏкӏунеб буго республикаялда 38 процент гӏадамазе прививка гьабун букӏин, ай 2017 соналда прививка гьабун буго цо миллионгун 122 азарго чиясе.\nГриппалъ гӏадамал унтиялъул рахъалъ жакъа Дагъистаналда кинаб ахӏвал-хӏал бугеб? Хӏинкъи бугищ исана грипп тӏибитӏиялда? Гриппалдаса кин цӏунизе кколел? Гьел ва цогидал суалалги кьун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул рахунел унтабазул централъул эпидемиологиял суалазул рахъалъ бетӏерав тохтурасул заместитель, ДРялъул мустахӏикъай тохтур Муъминат Жабрагӏиловалъулгун.\n— Муъминат, гӏемерал чагӏи гриппалъ унтани, гьел сахгьариялъе кинал ресал гӏуцӏун ругел?\n— Тӏолгодунялалъул сахлъицӏуниялъул идараялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, исанаги Россиялда, гьелдаго цадахъ Дагъистаналдаги тӏибитӏизе бегьула, араб соналдаго гӏадаб тайпаялъул грипп, ай HINI. Гьебги букӏине бегьула жеги хъачӏаб «Мичиган» абун цӏар кьураб грипп. Жакъа республикаялда гриппалда данде гьабулеб вакцинаялда гьоркьоб буго гриппалъул HINI тайпаялъул хӏал инабурал вирусал. Республикаялда гриппалъул эпидемия тӏибитӏани, гьебгун къеркьезе нижер гӏураб хӏадурлъи буго: гӏураб къадаралда вакцина, дараби-антибиотикал, унтаразе регизе бакӏал ва хӏалтӏул хӏалбихьи бугел тохтурзаби-инфекционистал руго.\n— Гӏадатияв чиясда кин лъалеб гриппалъищ жив унтун вугев яги цоги «къватӏул» унтабазищ? Гриппалъул кинал гӏаламатал рукӏунел?\n— «Къватӏул» унтабазда данде, грипп захӏматаб унтилъун рикӏкӏуна, гьелъ инсанасул чорхолъ ругел пневмония, гайморитал, менингит, атит, бронхит гӏадал унтаби захӏмалъизарула ва унтараб лагаялда кьаби щвезабула. Гриппалъул рукӏуна хадусел гӏаламатал: черхалъул цӏа-кан цӏикӏкӏин, бетӏер, берал, рищалаби ва ччорбал унти, мегӏер чвахи, хъегӏи ва щекъер унти.\n— Гриппалъ чи кин унтулев ва кин гьеб тӏибитӏулеб?\n— Гӏемерисезде грипп цогидасдаса, ай унтарасдаса бахуна. Гьединлъидал нилъеего цӏуна-къай гьабизе ккола. Унтарав чи рокъов вугони, гьесие батӏаго рукъ чӏезабула ва гьесда хадуб хъулухъ гьабизе цо чи тезе ккола. Гьесги гьурмада маска бала ва магӏарзукъалахъ оксолиналъул мазь бахина. Унтарав вугеб рукъ зама-заманалдасан биччараб чӏортоялъ бацӏцӏина ва гьениб цӏияб гьава чӏезабила. Унтарасул кванил алатал батӏаго лъела ва щибаб нухалъ гьел гьалараб лъеца чурила. Чорокал кверал ккола гриппалъул вирусазе унго-унгояб «алжан», гьединлъидал къватӏиса вачӏаравго, кваналелде цебе, сапунги бахун, кверал чурила. Гриппалъул эпидемия бугони, къватӏиве унаго, гьумер-кӏалалда маска бала.\n— Грипп кин сахгьабизе кколеб?\n— Гриппалъ унтаразул гӏемерисез байбихьула антибиотиказдалъун грипп сах гьабизе, гьеб мекъи буго. Грипп сахгьабиялъе хӏалтӏизаризе ккола хасал дараби. Росабалъ гӏумру гьабун ругел магӏарулаз гӏадин, регичӏого чӏун, грипп «гуккизе» бегьуларо. Щайгурелъул, черх цӏорони, унтарав захӏматго унтула. Бусадаги регун, гӏемераб чай, лъим гьекъезе ккола. Бищунго тӏадчӏезе ккола гриппалъ унтарал херал чагӏазда ва лъималазда, хӏинкъи букӏуна гьел захӏматго унтиялда ва хвеялда.\nГриппалъ унтараз тӏоцересел къоязда гьекъела изварин, арбидол, кагоцел гӏадал дараби. Магӏарзукъалахъе тӏинкӏизе лъикӏаб букӏуна гриппферон, реферон гӏадал дараби. Цо-цо чагӏаз абула инсанасул чорхода жинхъаго бажарулила гриппалда данде къеркьезе. Гьеб мекъаб пикру буго. Унтарав рокъоса къватӏиве вахъине вичазе бегьуларо, гьединлъидал тохтур рокъове ахӏизе ккола. Унтарасул чорхол хӏалалъул хӏисаб гьабун, тохтурас хъвала дараби ва малъула сахгьавизе кколеб къагӏида. Тохтурасда дандбачӏого, нилъго лъикӏал лъугьун, унтарав сахгьавизе лъугьине бегьуларо, гьелъ унтарав захӏматаб хӏалалде ккезе бегьула.\n— Халкъияб къагӏидаялда грипп сахгьабиялда щиб дуца абулеб?\n— Гриппалъ унтарав сахгьавизе ккола тохтурас. Гьелъие кумекалъе пайда босизе бегьула халкъияб къагӏидаялдасаги. Гьеб мурадалда хӏалтӏизабизе лъикӏаб буго: пер, ражи, овощал, пихъ, ламадур, чӏакӏултӏан ва лимон. Гӏемер гьекъезе ккола лъамалъи.\n— Щиб хӏасил кколеб бугеб гриппалде данде гьабураб вакцинациялъул?\n— Исана гриппалде дандечӏолеб вакцина чорхолъе биччана республикаялъул гӏадамазул 40 проценталда, ай цо миллионгун 150 азарго чиясул бидулъе. Гьеб ккола сахал чагӏи гриппалдаса цӏуниялъе тӏобитӏулеб кӏудияб тадбир. Щайгурелъул вакцинаялда гъорлъ руго Россиялдаги Дагъистаналдаги гӏадамал унтизарулел гриппалъул киналго тайпабазул вирусал. Вакцина учузаб дару кколаро (цо ампула — 200 гъур.), амма нижеца гьеб чӏобого гьабула: ясли-ахазде унел лъималазе, школлъималазе, медицинаялъул ва лъайкьеялъул хӏалтӏухъабазе, 60-ялдаса тӏаде сонал арал чагӏазе, тӏаса унареб унти бугезе, армиялде ахӏарал гӏолохъабазе ва лъимаде ругел руччабазе. Батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулез гӏарцухъ гьабула.\nГриппалдаса цӏуниялъе, вакцина-ция гьаби гуреб, батӏияб къагӏида жеги ургъун гьечӏо. Цо-цояз абула вакцинаялъ жив гриппалдаса цӏуничӏин. Гьеб мекъаб пикру буго, къватӏул унтабазул буго кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун батӏи-батӏияб тайпа, гьел унтабазулги рукӏуна гриппалъулго гӏадал гӏаламатал, цо-цо чагӏазда къосуна гриппги мегӏерччиналъул унтабиги. Гӏемерисезда бичӏчӏун буго вакцинаялъ жал гриппалдаса цӏунулеллъи, гьединлъидал гьел жалго рачӏуна поликлиникаялде гьеб гьабизе.\n— Гриппалдаса цӏуниялъе цӏуна-къай кин гьабизе кколеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьабизе ккола вакцинация. Черх квачалдаса цӏунила, хасало гӏицӏго бетӏергун хьвадизе бегьуларо. Кӏванагӏан гӏемер гьекъезе ккола бацӏцӏадаб лъим, квине лъикӏаб буго «С» витамин гъорлъ бугел овощал ва пихъ, хасго лимон, ражи, пер.\nНури Нуриев"}
{"slug": "750-kochioe-kurab-gielmiyab-k-imat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=750-kochioe-kurab-gielmiyab-k-imat", "title": "Кочӏое кьураб гӏелмияб къимат", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "XX гӏасруялъул 20-абилел соназда байбихьана Махӏмудил асарал басмаялда рахъизе\nДагьаб цебегӏан Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул (сангӏат) институталъ къватӏибе биччана «Шигӏраби» абураб Хъахӏабросулъа Махӏмудил тӏехь. Тӏехь данде гьабуна, гьелъие гӏелмиял баянал кьуна филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас. Бачӏинахъего абизе ккола гьеб бугин гьунар тӏокӏав шагӏирасул ирс бакӏариялде, гьелъие унго-унгояб гӏелмияб къимат кьеялде лъураб щулияб галилъун.\nXX гӏасруялъул 20-абилел соназдаса байбихьун, магӏарул ва гӏурус мацӏазда чанго нухалъ рахъана Махӏмудил асарал. Амма магӏна-хӏасилалъул рахъалъ щвалде щвезарун, грамматикиялгун стилистикиял гъалатӏалги рекъезарун, мухӏканал баяналги кьун, захӏматал, ричӏчӏуларел рагӏабазул ва рагӏабазул дандраязул лугъатги гӏуцӏун, гьезул къадар, тартиб, тематика хӏисабалдеги босун, хронологияги чӏезабун, бахъараб гӏелмияб басма жакъа къоялде щвезегӏан букӏинчӏо.\nТӏехьалъул цеберагӏиялда бихьизабун буго араб гӏасруялъул къоабилел соназда машгьурав гӏурус гӏалимчи-лингвист Л. Жирковас «Басрияб ва цӏияб магӏарул кечӏ» абураб макъалаялдасан байбихьун ахирал соназде щвезегӏан магӏарул шагӏирасул асарал ракӏариялда, гьезие къимат кьеялда хурхун рагӏул устарзабаз ва гӏалимзабаз гьабураб хӏалтӏи. Гьениб тӏадегӏанаб къимат кьун буго пагьмуяв магӏарул классикасул кочӏоеги гьелъ магӏарул халкъалъул рухӏияб гӏумруялъулъ кколеб бакӏалъеги. Тӏехь данде гьабурас гьелде жанибе босун буго жакъа къоялде щвезегӏан Махӏмудилилан абулел рукӏарал асаразда гьоркьоса хӏакъаблъун чӏезабураб 73 кечӏ.\nXX гӏасруялъул 30-абилел соназдаго байбихьана Хъахӏабросулъа Махӏмудил асарал гӏурус ва цогидал мацӏазде руссинаризеги. А. Муртазагӏалиевас абухъе, гьеб букӏана магӏарул классикасул шигӏруги махщелги машгьур гьабиялде тӏамураб кӏвар бугеб галилъун. Щайгурелъул гьесул гьунар, гӏагараб ракьалда гуребги, тӏибитӏулеб букӏана Дагъистаналдаги тӏолабго улкаялдаги. Гьедин, гьел соназда байбихьана Махӏмудил кучӏдул Дагъистаналъул халкъазул мацӏаздаги басмаялда рахъизе.\nГьанжелъизегӏан магӏарул ва гӏурус мацӏазда басмаялда бахъун букӏана Махӏмудил асаразул 15 мажмугӏ. Гӏалимчияс, хронологияб тартибалда рекъон, гьел киналго тӏахьазул гьабун буго сияхӏ, бихьизабун буго киб, кинаб мацӏалда пуланаб тӏехь къватӏибе биччан бугебали. Гьелде тӏадеги, Махӏмудил асарал ракӏариялъул ва басмаялда рахъиялъул хӏакъалъулъ бицунаго, жиндирго цеберагӏиялда А. Муртазагӏалиевас рачунел руго батӏи-батӏиял заманабазда шагӏирасул мажмугӏазе, тӏахьазе, гьезулъ дандчӏвалел гӏунгутӏабиги гъалатӏалги рихьизарун, магӏарул гӏалимзабаз (М.-С. Саидов, М. Муртазагӏалиев) ва цӏалулез (Р. Мухӏамадов, С. Гӏазизов) кьурал кьварарал критикиял къиматалги загьир гьарурал пикрабиги.\nХъахӏабросулъа Махӏмудил шигӏрабазул цӏияб тӏехь ккола, хӏакъикъаталдаги, мухӏканго, щвалде щун гьабураб гӏелмияб хӏалтӏи. Гьеб хӏадурун буго кӏудияв миллияв рагӏул устарасул асаразда тӏад тӏобитӏулеб хӏалтӏи цӏакъ захӏматаб ва жавабияб масъала букӏинги бичӏчӏун.\nГьанжелъизегӏан риччарал тӏахьазде дандеккун, Хъахӏабросулъа Махӏмудил «Шигӏраби» абураб цӏияб басмаялъ тӏубанго хисизабулеб буго магӏарул классикасул гӏумруялъулги поэзиялъулги хӏакъалъулъ цӏалулезул пикруги бербалагьиги. Цӏалдолезда, хасго гӏолеб гӏелалда, Махӏмуд вичӏчӏизе кумек гьабизе буго «Хъахӏабросулъа Махӏмудил гӏумруялъул ва адабияб гьунаралъул тарихал» абураб бетӏералда гъоркь тӏехьалъул ахиралда шагӏирасул хӏакъалъулъ кьурал баяназ. Гьез мухӏканго бихьизабулеб буго Махӏмудил гӏумруялъул ва шигӏрияб гьунаралъул нух, гьелъул аслиял хӏужаби, ва гьелдалъун тӏоцебесеб нухалъ Махӏмудил асаралгун дандчӏвалезе рес щолеб буго гьесул гӏумруялъул сурат цебечӏезабизе.\nХъахӏабросулъа Махӏмудил шигӏрабазул гӏелмияб басма ккола магӏарул халкъалъул культурияб гӏумруялъулъ кӏудияб ва кӏвар бугеб лъугьа-бахъинлъун. Гьелъ хасаб рахъалдасан вихьизавулев вуго Махӏмудги гьесул ирсги, гьеб кколеб буго жинца магӏарул поэзия бечед гьабураб Дагъистаналъул адабияб гӏелмуялъулъ абураб цӏияб рагӏилъун, гьеб цебетӏезабиялъулъ таваккалго лъураб цоги галилъун.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "751-giamirko-khianchiil-khiajranal-kuchidul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=751-giamirko-khianchiil-khiajranal-kuchidul", "title": "Гӏамирко хӏанчӏил хӏайранал кучӏдул", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏумруялъ рачунел талихӏалъул бакъназухъ гьоболлъухъ\nМунагьал чураяй эбелалъ гӏамирко хӏанчӏил хӏакъалъулъ бицунеб букӏараб гӏажаибго берцинаб маргьа ракӏалдещвана дида, республикаялда цохӏого цо бугеб, Махӏачхъалаялъул сакъатал лъималазул «Тӏалаб» интернаталде щведал.\n…Киса-кибего боржунеб букӏанила гӏамирко, гьелъ ракьалде хьалеб букӏанила балагьизе бер барахщараб берцинлъи. Гьеб бортаралъур раккулел рукӏанила гьеб хӏанчӏилго гӏадаб берцинлъиялъул тӏугьдулги. Гӏадамазда батӏа бахъизе лъалаанила гӏамиркоялъул кечӏги. Гьелъухъ гӏенеккидал, гьезда къварилъаби кӏочонаанила. Хӏикматаб хӏанчӏица кваркьи хьвагӏидал, дунял дагьабги къалъулаанила…\nГьеб гӏажаибаб хӏанчӏил сипаталда чӏана дида цее интернаталъул директор Ума Качалова. Щибаб лъимералъе бицине берцинал рагӏабиги ратулел рукӏана гьелда, гьелъ къвалакье рачарал гьезул берал кенчӏелел рукӏана, гьезул къвалбаялъе убачаздалъун кьолеб букӏана гьелъ салам.\nЧияр лъимал рукӏунаро\nГӏемерал адабаз сверун ккурал, гӏемерал лъималгун гӏумру гьабун ругел лъималазда лъалебцин батиларо жидер щивасул букӏине кколеб букӏараблъи цӏа бакараб гъанситоги, гъанситохъ ахӏулеб бабал хӏасратаб кечӏги, гьеб кочӏохъе гьуинаб макьуялда кьижарал жалгоги, рорчӏилалде аскӏов дадаги ватизе кколеблъиги. Жеги бичӏчӏулеб гьечӏо эбелалъул ургьибго къисматалъ талихӏ бахъарал гьезда Тӏадегӏанасул тӏадкъаялдалъун ракьалда жал цӏунизе ритӏарал хӏурулгӏинзабаз жидедаса инкар гьабураблъиги. Бабайилан цӏар бугеб бакъул чӏоразул хинлъи жидеда киданиги чӏвазе гьечӏеблъи ва гӏумруялъул цӏоб гьечӏеб квачӏикье ккарал лахӏзатаз гьеб бакъухъ жалго гӏашикълъизе рукӏинги.\nГьабсагӏаталда гьеб талихӏалъул квацӏи щибаб къоялъ лъималазе кьолеб буго Умацаги гьелъул хӏалтӏухъабазги. Нижер гьанир чияр лъимал гьечӏоянги абун, гьей цӏидасанги лъималазул гурулъе ана. Гьез нижее ахӏана, рикӏкӏана кучӏдул. Амма цо чӏужугӏаданалъухъ даим урхъун хутӏизе ругел беразул хӏориниб цӏер чӏван букӏана. Гьеб батизе ккола дунялалдаго бищунго йокьулей гӏаданалъул хинлъиялда гурони биинабизе кӏолареб цӏер. Рухӏдаллъизе бачӏана Умада, лъималазде бугеб рокьул цӏураб гьелъул гьурмада гӏажаибго рекъонккараб талихӏаб гьимиялда, гьеб гьимиялде данде кенчӏолел лъималазул беразда, гьеб талихӏалдаги нур рещтӏинабулел интернаталъул киналго хӏалтӏухъабазул сабруялда.\nИнтернаталъул гӏумру\nГьелъул жанахӏалъур рарал стендаз бицунеб букӏана интернаталъул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Киса-кирего рукӏана лъималазул суратал ва гьез рахъарал сураталги. Гьениб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъги лъималазул чӏиргъи-хъуялъги бицунеб букӏана интернаталъул хӏалтӏи кьучӏдасанго хисун букӏин, Москваялде щунгицин ахӏи-хӏур бахъараб доб заманалдаса хадуб. Лъималазухъе тӏадбуссун бачӏун буго талихӏ. Жиндирго куркьбазда гьебги лъун, сакъатал лъималазул свараб гъасда цӏа бакизе, гьезие хинлъи кьезе рещтӏун буго доб хӏикматаб маргьаялдаса гӏамирко хӏинчӏ. Гьелда цӏарги буго Ума.\nУма хӏалтӏизе ячӏаралдаса талихӏ басандана интернаталда. Подвалалъур гӏумру гьабун рукӏарал лъималазда бихьана цӏияб дунял. Щвана гьел гӏумру гьабун ругеб рокъоеги. Гьединго Ума Качаловагун цадахъ рес щвана щибаб рокъое яккизеги. Гьале бусадаса рахъине кӏоларел унтаразул рукъ. Гьаб цояб рахъалда, мадугьалихъ ругоан цӏакъго гьитӏинал, коляскаялдаго ругел лъимал. Гьезул къуватги гӏолеб букӏана щивасе гьимизе. Цӏакъго цӏакъ йокьулей йигоан гьезие Ума адаги. Дагьалъ дорегӏан ругоан цодагьал чӏахӏиял лъимал. Киназего — киналго санагӏатал шартӏал. Лъималаз рихьана жидецаго рахъулел ругел суратал, бихьизабуна кечӏ рикӏкӏине бугеб махщел. Киса-кирего — лъимерлъиялъул гвангъарал лъалкӏал. Умал рокьиялъ, къвалги бан, сверун ккурал гьезие камураб щибго гьечӏин кколеб букӏана. Амма эбелалъул кечӏ… Лъица ва сунца гьеб хисилеб!?\nРуго интернаталда цӏигьариялги. Рагьун буго ясли-ах. Гьениб буго къоло щуго лъимер. Эбел-инсуца рада-радал гьенире щвезарула лъимал, цинги бакъанида рокъореги рачунел руго. Ругогури ракьалда гьединал лъималазе гӏоло гӏумруги бичулел, дунялалъул гьайбатлъиялдаса инкарги гьабулел улбулги. Тӏадегӏанас инсанасул хӏалбихьизе кьураб захӏмалъи гьез лъималазде бугеб рокьигун цадахъ баччулеб буго.\nГьединго 2017 соналда интернаталда рагьана школаги. Гьабсагӏаталда гьениб буго ункъо кӏиабилеб классги цо тӏоцебесеб классги. Дарсал кьезе гьенире рачӏунел руго аскӏобго бугеб № 8 школалъул учительзаби.\nГьалдолеб буго интернаталда гӏумру. Гьенир гӏумру гьабулел, талихӏгун дандчӏвазе къеркьолел лъимал гӏахьаллъула республика тун къватӏирехун тӏоритӏулел тадбираздаги. Масала, кӏиго нухалда ана Чачан Республикаялде, «Ращадал ресал» абураб фестивалалда гӏахьаллъизе. Росана цересел бакӏал. Щвана лъималазе сайигъаталги. Гьединго гъоркьиса Владимир областалъул Суздаль шагьаралда тӏобитӏараб «Божилъи. Хьул. Рокьи» абураб фестивалалда гӏахьаллъана Тӏагьирбегов Жамбулат, Юсупова Марям, Корниенко Роман, Салманова Дагира. Тӏадруссана батӏи-батӏиял номинациязда щварал бергьенлъабигун. Кӏудияб кӏвар кьолеб буго Москваялъги интернаталъул хӏалтӏи чӏаголъиялде. Гьабулеб буго кӏвараб кумекги. Масала, Дадаев Тимурие гьениб бохдузе операция гьабуна. Гьанже Тимурица гӏумру гьабулеб буго Москваялъул интернаталда. Ума щвана Москваялъул интернаталдеги, гьелъул хӏалтӏухъ халгьабизе. Ва хӏаракат бахъана, Москваялъул интернаталъул хӏалбихьиялда рекъон, жиндирго хӏалтӏи гӏуцӏизе. Гьелъ лъикӏал хӏасилалги кьолел руго.\nЛъималазе ракӏ кьезе хӏадурай\nКачалова Ума гьаюна Хасавюрт шагьаралда. Лъугӏизабуна шагьаралъул №4 школа. Гьелдаса хадуй цӏализе лъугьана ДГПУялъул тарихияб факультеталде.\n2002-2005 соназда хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул сакъатал лъималазул реабилитациялъулаб централда, 2005-2016 соназда — Махӏачхъалаялда бугеб херазе ва инвалидазе социалияб хъулухъ гьабулеб централда. 2016 соналъул июлалдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегӏан — «Тӏалаб» интернаталъул директор. Умал захӏматалъулаб биографиялъул тӏанчал регидал, бихьулеб буго гьелъ тӏасабищараб хъулухъалъул борхалъиги тӏадегӏанлъиги. Гӏадамазе талихӏ бикьулей — гьеле Хунзахъа магӏарулалъул цӏаралда цадахъ рекъараб цадахълъел.\nСахаватал гӏадамазул\nкумекалъулаб квер\nГьединазда гьоркьов Умаца бищун цебе рехсана ДРялъул захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министр Расул Ибрагьимовасул цӏар. Гьесул жигарчилъиялдалъун рагьун буго къад лъимал хьихьулеб отделениеги, ай, ясли-ах.\n— Аслияб къагӏидаялда гьесул кумекалдалъун тӏоритӏула интернаталда тадбирал, гьесго квербакъана лъималаз батӏи-батӏиял фестивалазда гӏахьаллъи гьабиялъеги. Гьев вуго цӏакъго гӏадатияв хӏаким. Амма лъималазухъе вачӏиндал, гьев гьездасаги гьитӏинлъула. Гьес гьел рачуна шагьаралде экскурсиялъги, гьелгун цадахъ уна кинотеатралдеги, гьайгьай, тӏадруссун щвезарулелъулги, сайигъаталги рачӏуна цадахъ. Расул гӏемер щола лъималазухъе гьоболлъухъ, — илан бицана Умаца.\nКӏудияб адаб-хӏурматалда рехсана гьелъ республикаялъул нухазул агентствоялъул нухмалъулев Загьид Хучбаровасул цӏарги. Гьес интернаталъе босун буго лъималазе къваригӏунеб гӏемераб къайи-къоно.\nГьединго лъималазе кумек гьабулезда гьоркьор Умаца рехсана жиндирго курсцоялги. Гьел щибаб байрамалде рачӏунел руго, лъималазе батӏи-батӏиял сайигъаталги росун.\nХадурагӏи\nГьалеха лъугӏана интернаталде гьабураб сапар. Лъай-хъвай ккана сахаватаб, кӏудияб ракӏалъул магӏарулалъулгун. Цӏидасанги гӏумруялъул хӏакъалъулъ пикраби гьаризе тӏамуна талихӏалъухъ урхъарал лъималаз. Буго гьезул талихӏ. Амма гьелъул кьер батӏияб букӏинеги бегьулаан, къойил рагӏулеб бабал хӏайранаб кочӏол гьаркьихъе рорчӏулел рукӏаралани. Къисматалъ къварид гьарурал гӏечӏого, эбел-эменги жидедаса лъутарал лъималазе саринал ахӏулей йиго доб хӏикматаб маргьаялдаса киназего талихӏ бикьулеб гӏамиркоялъул сипаталда релълъарай Ума Качалова…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "752-tarbiya-kungutiigi-tak-sir-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=752-tarbiya-kungutiigi-tak-sir-kkola", "title": "Тарбия кьунгутӏиги такъсир ккола", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Махӏачхъалаялъул №40 школалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин ва законалъул тӏалабал\nГьеб школалде хьвадулел микьабилеб классалъул цо-цо васаз цадахъ цӏалулей яс хӏакъир гьайиялъе гӏиллалъун экспертаз рехсолеб буго рокъоб тарбия кьолеб къагӏида дандеккунгутӏи. Масала, пуланаб хъизамалда лъималазда малъула гӏел бащадалгун рекъон рукӏаян. Цогидаб хъизамалда лъимал куцала дурго мурадалъе гӏоло щиб гьабуниги бегьулин абураб пикруялъул кьучӏалда. Ракълидалъун масъала тӏубазе куцараб лъимер парахатго букӏуна ва гьеб хасияталда тӏадги релъанхъизе бегьула гӏолилал. Дарсаздаса хадуб гӏемерисел лъимал, хасго васал уна компьютеразул залалде ва гьенир хӏалел хӏаязулъанги гьезулъ цӏикӏкӏун щулалъула тушманаб къасд, вагъизе гъира. Гьел хӏаязулъ бихьараб вахӏшияв багьадурасул хасият жиделъгоги куцазе хӏаракат бахъула гьез.\nКинаб тамихӏ гьабизе кколеб?\nШколалда яги къватӏазда гӏелцоял рагъиялъул хӏужаби чанги ккола. Инсан хӏакъир гьавиги рикӏкӏуна такъсирлъун. Хасго бакӏаб такъсирлъун ккола тӏомол кьер, дин ва цогидаб, ай напсалда хъинтӏулеб хӏужа гьоркьобккун, чи хӏакъир гьави.\n16 сон бачӏеб лъимер жавабчилъиялде цӏазе ихтияр кьоларо законалъ. Гьелъие далиллъун рикӏкӏуна, жидеца гьабулеб иш такъсирияблъун кколеблъиги гьелъухъ жаваб кьезе букӏинги лъималазда жеги бичӏчӏунгутӏи. Балугълъиялде рахинчӏел лъималазулгун хӏалтӏулеб хасаб комиссиялде цӏех-рехалъул идарабаз битӏула уголовнияб дело рагьизе инкар гьабулеб бугин хъвараб кагъат. Гьелда цӏар рехсараб лъимер босула полициялъул сияхӏалде ва участокалъулав инспекторас зама-заманалдасан гьесулгун гара-чӏвариги гьабула. Балугълъиялде бахинчӏеб лъимадул эбел-инсухъа бахъула гӏакӏа – букӏине кколеб тарбия лъимадуе кьунгутӏиялъухъ. Квешаб гӏамалалъул лъималгун хӏалтӏизе ккола школалъул психолог, гьел рукӏине ккола классалъул нухмалъулесул хасаб берзукьги. РФялъул Уголовнияб кодексалъул № 20 статьяялъул тӏоцебесеб бутӏаялда рекъон, жинцаго гьабураб такъсиралъухъ чияс жаваб кьезе ккола 16 сон бан хадуб. Амма гьебго статьяялъул кӏиабилеб бутӏаялда рекъон, жавабчилъи тӏалъула 14 сон барав чиясдаги, хасго судалъ чӏезабуни, жиндасаго гьитӏинав чиясул рахъалъ цебеккунго ургъун гьабураб такъсир гьеб букӏин.\n14 сон бараб мехалдаго лъимер ккезе бегьула судалде, гьес цогидав чиясул сахлъиялъе зарал гьаби чӏезабун бугони. Сахлъиялъе гьабураб заралалъул даражаялда бараб букӏуна гьабулеб тамихӏги. Гӏисинлъималазул рахъалъ гьабураб такъсирлъун рикӏкӏуна гьеб бухиги, гӏакъуба-зулму гьабиги, сахлъиялъе зарал гьабиги. Гьезда гьоркьоса бищунго тӏадагьаб такъсирлъунги ккола лъимер бухи. Лъимер бухаралъухъ судалъ 40 азарго гъуршиде щвезегӏан гӏакӏа бахъула яги бащдаб лъагӏелалъ хӏалтӏизе тӏамула, ялъуни лъабго моцӏалъ жанив тӏамула.\nПуланав чияс балугълъиялде бахинчӏеб лъимер гьоркьоса къотӏичӏого бухулеб бугони ва гьелдаго цадахъ психологияб тӏадецуй букӏараблъиги загьирлъани, гьесие гьабулеб тамихӏ къвакӏизабула. Лъималазул къокъаялъ цогидаб лъимер бухани, гьеб бухарал лъималазул эбел-инсухъа гӏакӏа бахъула. Гьел лъималги полициялъулаз хасаб сияхӏалде росула.\nЩиб гьабилеб лъимадуе\nкъварилъи ккани?\nЧанцӏулго вухун, хӏакъир гьавун нужер вас яги яс рокъоре рачӏунел ругони, гьелъул хӏакъалъулъ чарагьечӏого лъазабизе ккола классалъул нухмалъулесда. Ине ккола школалде ва лъазабила лъимер бухиялъе гӏиллалъун щиб ккарабали. Лъикӏаб букӏина, нужер лъимералдехун квешаб яги рокьукъаб бербалагьи гьабулесулгун гара-чӏвари гьабуни. Накъиталдалъун рекъел-маслихӏаталъе нухал рати буго бищун лъикӏаб иш. Цогидал лъималазе рахӏат толарел цӏалдохъабазулгун хӏалтӏизе тӏадаб буго школалъул психологасдаги полициялъул балугълъиялде рахинчӏезул рахъалъ инспекторасдаги. Къварилъуде ккараб лъимадул эбел-инсул ихтияр буго, гӏарзагун полициялде инчӏого, гьесде хитӏаб гьабизе. Гьел тадбираздаса хадубги лъимадуе гьабулеб къварилъи лъугӏулеб гьечӏони, бегьула гӏарзагун полициялде ине.\nГьедин кьураб гӏарзаялъулги хӏасил кколеб гьечӏони, ай лъимералъе къварилъиги бугони, полициялда такъсирги батулеб гьечӏони, гӏарза кьезе ккола бакӏалъул прокуратураялде. Гьелда хъвазе ккола, полициялъ нужер хитӏабалъул сан гьабулеб гьечӏилан.\nБалугълъиялде вахинчӏев чияс тӏоцебесеб нухалда такъсир гьабун батани, судалъ инкар гьабизе бегьула уголовнияб дело рагьиялъе. Амма судалъ чарагьечӏого хӏукму гьабула такъсирчиясул эбел-инсухъа гӏакӏа бахъизе ва къварилъи ккараб лъимадул хъизамалъе зарал бецӏизе. Судалъеги судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъеги харж гьабураб гӏарацги бецӏизабула такъсирчиясул хъизамалда.\nМуса Азаев"}
{"slug": "753-matsial-ul-k-ismat-millatal-ul-bukiineseb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=753-matsial-ul-k-ismat-millatal-ul-bukiineseb", "title": "Мацӏалъул къисмат — миллаталъул букӏинесеб", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏвар бугеб суал\nДанделъи нухда бачана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловас. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул печаталъулги информациялъулги министрасул заместитель Мухӏамадбег Ахӏмадовги, Болъихъ РУОялъул нухмалъулев Хӏажигӏиса Измагӏиловги, Цӏунтӏа РУОялъул нухмалъулев Мухӏамад Къурбановги, Чӏарада РУОялъул нухмалъулев Шамил Мустӏапаевги, Унсоколо районалъул рахьдал мацӏалъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулев Сулейман Мухӏамадовги, ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУО) нухмалъулев Шапи Жахӏбаровги.\nГӏали Камаловас бицана рахьдал мацӏги миллаталъул маданиятги цӏуниялъул мурадалда редакциялъ гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ. «Дагъистаналда вуго магӏарул мацӏги бицунев, гьебги лъалев анлънусазаргогӏанасев чи. Нилъер халкъ ккола бищун кӏудияб миллат. Лезгиязул буго ункъо район. Щибаб районалъул бетӏерас кӏудияб кӏваркьолеб буго миллияб газета хъвазе. Гьезул газеталъул тиражги буго 10000. Гьелъие квербакъана Сулейман-Стальск районалъул бетӏерасул хӏаракаталъ. Гьес ДГУялъул филологияб факультеталда цӏалулел студентазе кьолеб буго стипендияги, рахьдал мацӏалъул учительзабазе харжалде тӏаде гӏарацги.\nГьабсагӏаталда миллияб хаслъиги, маданиятги, мацӏги цӏуниялъул магӏна бичӏчӏулев чилъун рикӏкӏуна учитель. Нилъер магӏарул районазул школазда хӏалтӏулев вуго гӏага-шагарго 9000 учитель. Гьезул щивас жинцагоги цоги чиясда хъвазеги гьабуни, магӏарул газеталъул тираж бахинаан 18 азаргоялде. Жакъайин абуни тираж буго щуазарго. Кинха нилъ хӏалтӏилел? Бугищ гьеб захӏматаб суал? Щай нилъер халкъалъе гьечӏеб кинабгӏаги ургъел жиндирго мацӏалъулги миллияб газеталъулги? Мацӏ тӏагӏунеб бугин, мацӏ гьечӏони, миллатги букӏунарин, миллияб хаслъи цӏунизе кколин бицун свакан руго ниж. Нижее кумекалъе лъайкьеялъул идараби рахъинчӏони, гьеб ахӏи гӏададисеблъун хутӏулеб буго», — ян абуна гьес ва рехсана щибаб магӏарул районалда газета хъваялъул хӏужаби.\nРедакторас бицана Дагъистаналъул парламенталъулги РФялъул Пачалихъияб Думаялъулги данделъабазда кватӏичӏого цебелъезе бугин миллиял мацӏал цӏуниялъул масъала.\n«Гӏицӏго газеталъул тираж цӏикӏкӏинабиялда бараб иш гуро рахьдал мацӏ цӏуни. Нижер буго Бабаюрт районалда Шава абураб хъутан. Гьениве щвараб мехалда, гӏагарав чияс абуна, жеги ункъо лъагӏел бачӏеб лъимер гӏурус мацӏалда гаргадулеб бугилан. Кин гьес гьеб лъазабураб, я рокъоб я къватӏиб рагӏулебги гьечӏони? Лъазабуна телевизоралдасан. Щвана дун магӏарухъе – гьенибги бицунеб буго гӏурус мацӏ. Рахьдал мацӏ лъазабизеян риидал росулъе ритӏарал лъималазги дора ругел умумузда малъун батула гӏурус мацӏ. Гьанжесеб кӏудияб гӏел цебеса арабго, миллияб мацӏ тӏубанго тӏагӏиналъул хӏинкъи буго.\nНиж ун рукӏана Татарстаналде. Гьезул школазда киназдаго малъулеб буго татар мацӏ – гӏурусав ватаниги, доба гӏумру гьабулев магӏарулав ватаниги, батӏалъи гьечӏого. Гьелде дандечӏарав чиги къанагӏат гурони вукӏунаро. Гьединаб бичӏчӏи хӏажат буго нилъер халкъалъеги.\nГазет-журналал хъваялъ иш хвасар гьабуларин абун, кинабго бичча-бихъан тунги данде кколаро. Хӏадуризе ккела мацӏ цӏуниялъул программа, цониги документ. Гьелъул кьучӏалда гӏуцӏизе ккела хӏалтӏиги», — ян абуна Шапи Жахӏбаровас.\n«Татарстаналда гӏумру гьабулев вуго пуланав даргияв. Гьев ккола Лаваша районалдаса. Гьесда лъала дарги ва магӏарул мацӏал. Гьесул кӏиябго лъимералда лъикӏ лъала татар мацӏги. Гьеб мацӏалда кучӏдул цӏалиялъул къецалдаги гьезие щун руго тӏоцересел бакӏал. Нилъер гьаниб гӏаксалда кколеб буго иш.\nЦогидал миллатазул вакилзаби-гӏалимзабаз абула, магӏарулаз байбихьичӏони, мацӏ цӏунизеги, газетазул иш рукӏалиде ккезабизеги, миллиял суалазул масъала цебелъезеги цониги чи вахъунарин. Гьединлъидал цогидал редакциязул хӏалбихьиялъухъ балагьиялъул жо кколаро. Республикаялъул нухмалъулездаги, халкъиял депутатазулги гьеб масъалаялде кӏварбуссинабизеги хӏалбихьана нижеца, амма гьелъулги хӏасил ккечӏо. Халкъалъул хъвай-хъвагӏаяздасан бихьулеб буго, соналдаса соналде дагьлъулеб букӏин рахьдал мацӏалда кӏалъалел гӏадамазул къадар. Гьебги жакъа нилъер хъизамазда бугеб хӏалги хӏисабалде босун, ракӏалде ккана, вижухъе чи – лъугьухъе чӏагӏаян абухъего, гьаб иш тезе бегьиларин.\nРеспубликаялъул лъайкьеялъул министрлъун вукӏарав Бадави Хӏажиев халкъалъул рекӏелъ цӏунун хутӏана миллаталъулги, маданияталъулги, рахьдал мацӏазулги цӏикӏкӏараб тӏалаб гьабурав министр хӏисабалда. Шагьгӏабас Шагьовасги рагӏи кьун букӏана мацӏазул тӏалаб гьабизе. Я нилъер хӏукуматалда, я республикаялъул администрациялда жакъа гьечӏо нилъеца бицунеб масъала бичӏчӏизе хӏалгӏолев яги гьеб рекӏелъан биччалев чи. Хӏадурун рукӏана мацӏал цӏуниялда бан хасал программабиги мацӏалъул хӏакъалъулъ законги.\nМиллиял ишазул министерствоялда хӏалтӏулеб заманалда дун ун вукӏана Ригаялде. Гьезул тахшагьаралда букӏана гӏажаибаб рохалил байрам – найил тӏалаялъуб гӏадинаб хӏал букӏана тахшагьаралъул къватӏазда. Гьез чӏухӏун абулеб букӏана, жидер хӏукуматалъ къабул гьабунин мацӏазул хӏакъалъулъ закон. Киса-кирего чӏван рукӏана гьелъул хӏакъалъулъ бицунел игӏланалги, киосказда ричулел рукӏана брошюрабиги. Гьел рукӏана араб гӏасруялъул 80-абилел сонал. Жакъа буго 2018 сон, амма нилъер республикаялда жеги гьечӏо мацӏазул хӏакъалъулъ закон. Доб Ригаялда букӏараб гӏадаб бичӏчӏиги гьечӏо нилъер халкъазул. Хӏукуматалъ тасдикъ гьарурал программабиги тӏуразарулел гьечӏо. Миллиял мацӏазул цебетӏеялъул мурадалда бюджеталдаса гӏарац кьоларо. Жакъасел цӏалдохъабазул умумузги абулеб буго, жидер лъималазе рахьдал мацӏалъул дарсил бакӏалда химияги цогидабги дарс кьеян. Гьел умумул ккола 1990-абилел соназул гӏел: улкаги биххулеб рухӏияб тарбиялда малги бараб заманалъул лъимал», — ан абуна Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб бутӏаялъул председатель Зикрула Илясовас.\n«Унсоколо районалъул школазда магӏарул мацӏ хӏажат бугищан абураб масъалаго цебелъечӏо киданиги. Дарсалги кьола, умумузги гьелде кӏварбуссинабула, умумузул тарихги маданиятги гьеб мацӏалда бижараблъиги жакъа цебетӏолеблъиги бичӏчӏуларев чиги ватиларо. Газеталги хъвалел руго аслияб къагӏидаялда учительзабаз. Нижер школалъул директор Муса Гӏисалаевас данделъиялда цӏалана «Хӏакъикъаталъул» редакциялдаса бачӏараб кагъатги ва абуна газета хъвазе ккелин. Гъоркьисаялде дандеккун, кӏицӏул цӏикӏкӏун буго исана подпискаги», — ян абуна Сулейман Мухӏамадовас.\n«Районалъул нухмалъулевлъун таравго, Мухӏамад Патхӏулаевас дида тӏадкъана, магӏарул мацӏалде кӏваркьеян. Гьелдаса нахъе халкколебги буго дарсал кьеялъулги миллияб маданият лъималазда малъиялъулги. Дун нечарав вуго Болъихъ районалда лъабнусго гурони чияс магӏарул газета хъван гьечӏеблъиялдаса. Программаби ургъулел рукӏинчӏого, гьабсагӏат нилъеца байбихьила газета хъваялдаса. Кье нижее гьелъие кӏиго анкь. Дие бокьун буго нуж районалде рачӏине, кин кьолеб бугеб магӏарул мацӏалъул дарс, кинаб хӏал бугеб школаздаян балагьизе», — ян абуна Гӏисахӏажи Измагӏиловас.\n«Цӏунтӏа районалда бицунеб буго щуго батӏияб мацӏ. Щибаб росдал рахьдал мацӏалде тӏаде школалда малъула магӏарулги, гӏурусги, къватӏисел улкабазулги мацӏал. Гьединлъидалги захӏмат буго жакъа цӏалдохъабазе. Масала, Болъихъ районалъул гӏадамал цоцалъ кӏалъала магӏарул мацӏалда. Цӏунтӏадерида магӏарул мацӏ рагӏула гӏицӏго школалда, дарсида. Дун гӏемер къацандизе кколев вуго школазул директоралгун. Гӏемерисезе бокьун буго кӏиабилеб цӏалул планалда рекъон хӏалтӏизе – гьединаб ункъо школа буго гьабсагӏаталда. Гьединаб хӏукму гьабуна гьез школалъул коллективалъул данделъиялда. Бачӏун букӏана Республикаялъул хӏукуматалъул кагъатги, тӏоцебесеб цӏалул планалда рекъон хӏалтӏизе кколин абураб. Дица абула, магӏарул мацӏ буго гӏелмуялъул мацӏ, нилъер динги буго гьебго мацӏалда. Амма цӏалдохъабазул умумул руго гьелде дандечӏарал. Цӏакъ захӏмалъун буго гьеб иш районалда. Асахъ мухъалъул цӏунтӏал лъикӏ кӏалъала магӏарул мацӏалда, олимпиадабаздаги гьез ккола цересел бакӏал. Райцентралде гӏагарлъухъ ругезе гьеб захӏмалъулеб буго», — ян бицана Мухӏамад Къурбановас.\n«Дир эбелалъул насихӏат тӏубайлъун рикӏкӏуна дица магӏарул мацӏ цӏуниялъул мурадалда гьабулеб иш. Гьей гӏемерал соназ хӏалтӏана рахьдал мацӏалъул учительлъун. Фейсбукалдаги, Твиттералдаги, Инстаграмалдаги нижеде, ай районазул лъайкьеялъул нухмалъиялде балеб буго рогьразул гъегъ: абулеб буго, ниж хӏинкъулел ругин республикаялъул нухмалъулезукьа ва школалда магӏарул мацӏ малъунгутӏизе хӏаракат гьабулел ругин. Гьеб буго гьереси! Дида ракӏалде ккола, Чӏарада гуребги, щибаб районалъул лъайкьеялъул нухмалъулесда тӏадаб бугин рахьдал мацӏ цӏунизе, гьелъие хӏаракатги гьабизе кколин. Мацӏги, маданиятги, гӏадат-гӏамалги цӏуниялъул рахъалъ чӏарадисел кидаго рукӏана церехъабазул кьерда.\nЖакъа лъикӏаб хӏал гьечӏо магӏарухъ. Росаби чӏунтулел руго, гӏадамал гочунел руго гӏатӏиракьалде. Шагьаралдаса риидал магӏарухъе рачӏараб заманги гӏолеб гьечӏо лъималазе мацӏ лъазабизеги хасият босизеги. Газета хъваялда гӏей гьабун чӏечӏого, мацӏ бицине ккола рокъобги, къватӏибги, хӏакимлъуде вахараб мехалдаги. Районалъул данделъабиги тӏоритӏизе ккела рахьдал мацӏалда.\nЧӏарада районалдаги рукӏана, рахьдал мацӏалъул бакӏалда биология ва цогидаб дарс кьезе бегьуларищан. Гьанже гьединаб суал цебелъолев учитель яги директор вукӏунаро. Дица халгьабила, «Хӏакъикъат» хъварал чӏарадисезда гьоркьов чан учитель вугевали», — ян абуна Шамил Мустӏапаевас."}
{"slug": "755-respublikayal-ul-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=755-respublikayal-ul-giumru", "title": "Республикаялъул гӏумру", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "Пашманаб хабар\nМухӏамад Яхӏияев Гьал къоязда къадаралде щвана Хьаргаби районалъул Хӏоцоб росулъа жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи Мухӏамад Яхӏияев.\nГьавуна Мухӏамад 1928 соналъул 18 октябралда. 1937-1941 соназда цӏалана росдал байбихьул школалда. Гьелдаса хадуб бокьун букӏана Хунзахъ районалъул Гӏарани росдал гьоркьохъеб школалде цӏализе ине. Амма байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Рагъде ана эмен. Ва анцӏила цо сон барав Мухӏамадиде тӏаде ккана рукъалъул ва хъизамалъул тӏалаб-агъаз гьаби. Рагъда хадусел соназда Могьохъ росулъ рагьана анкьгосонилаб школа. 1946-1949 соназда Мухӏамад цӏалана гьенив. 1949 соналда цӏализе лъугьана Хьаргаби росдал гьоркьохъеб школалде, 1950 соналда, цӏидасанги, хъизамалъе кумек гьабизе гӏоло, рехун тезе ккана цӏали. Хӏалтӏизе лъугьана колхозалъул бригадирлъун.\n1950 соналда цӏализе лъугьана Буйнакск шагьаралъул боцӏухъабазул школалде. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏизе лъугьана Хьаргаби районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул зоотехниклъун. Заочно цӏалун, лъугӏизабуна Армавиралъул зооветтехникум.\n1947 соналдаса — ВЛКСМалъул член, 1955 соналъул августалдаса — КПССалъул член. 1954 соналда Мухӏамад вищана районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул комсомолазул гӏуцӏиялъул секретарьлъун. 1956 соналда — Хьаргаби комсомолалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун. 1959 соналъул октябралда гьев вищана КПССалъул Хьаргаби райкомалъул кӏиабилев секретарьлъун. 11960 соналда цолъизаруна Унсоколо ва Хьаргаби районал. Гьебго соналъ ана цӏализе Ростовалъул тӏадегӏанаб партиялъул школалде. Гьениб Мухӏамадица гӏахьаллъи гьабулаан жамгӏияб гӏумруялда. Гьев кколаан рищиязул комиссиялъул ва партбюроялъул курсазул членлъун, Ростовалъул фабрикаялда гӏуцӏараб теоретикияб семинаралъул нухмалъулевлъун.\n1964-1965 соназда хӏалтӏана КПССалъул Дагъобкомалъул инструкторлъун. 1965 соналъул январалдаса 1971 соналъул апрелалде щвезегӏан хӏалтӏана КПССалъул Хьаргаби райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун. 1971 соналъул апрелалда тасдикъ гьавуна КПССалъул обкомалъул партиялъул комиссиялъул председательлъун. Мухӏамад вукӏана гьеб ишалъул жинде божилъи гьабурав тӏоцевесев дагъистанияв (гьеб хъулухъалда рукӏунаан гӏурус миллаталъул вакилзаби).\n1975 соналъул декабралда гьев тасдикъ гьавуна КПССалъул обкомалъул гӏуцӏиялъулабгун партиялъул хӏалтӏул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьенив Мухӏамад хӏалтӏана 1984 соналъул январалде щвезегӏан.\n1984 соналъул январалдаса 1991 соналъул марталде щвезегӏан хӏалтӏана республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председательлъун. Гьев кколаан экономикиял гӏелмабазул кандидат. Вищун вукӏана Дагъистан АССРалъул анцӏабилеб, анцӏила цоабилеб, анцӏила кӏиабилеб ахӏиязул Верховный Советалъул депутатлъун.\n1994 соналъул ноябралда тӏамуна республикаялъул рищиязул комитеталъул председательлъун.\nМухӏамадие щвана ункъо орден: Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул — кӏиго, Халкъазул гьудуллъиялъул орден, «Хӏурматалъул гӏаламат», «Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бихьизабураб мисалияб хӏалтӏухъ» медаль, гӏемерал грамотаби ва шапакъатал.\nМухӏамадица къватӏибе биччана анцӏила кӏиго тӏехь, гьединго республикаялъул газетал-журналазда бахъана экономикиялъул ва политикаялъул хӏакъалъулъ бицунеб кӏикъого макъала, республикаялъул ва централиял газетазда, журналазда бахъана рухӏияб темаялда 200-ялдаса цӏикӏкӏун макъала.\nМухӏамад хвеялда бан, гьесул гӏага-божаразда зигараги балаго, нижеца Бетӏергьанасда гьарула гьев лъикӏав инсан Алжаналъул агьлулъун гьавун ватагийилан.\nРедакция\nРосдаего ками\n87 сонил ригьалда нилъедаса ватӏалъана Казбек районалъул Гуниялдаса Султанбег Байбулатов. Гьесда гӏадамаз, адаб гьабун, Эмеян абулаан. Гьев вукӏана росулъ, районалда къадру-къимат бугев жамгӏияв хӏаракатчи. Росдал гьоркьохъеб школалда пионервожатыясул хӏалтӏудасан байбихьун, гьес нахъа тана бечедаб гӏумру. Хӏалтӏана гӏагараб «Цӏияб гӏумру» колхозалъул магӏишат цебетӏезабиялда батӏи-батӏиял хъулухъазда. Мустахӏикъаб хӏалхьиялде аниги, гьев кидаго ватӏатӏун чӏолароан росдал магӏишатияб ва жамгӏияб гӏумруялдаса. Пенсиялда вугониги, гьес нухмалъи гьабулаан Львовский 6 номералда гӏи-боцӏуе рагӏи-хер хӏадур гьабулеб колхозалъул бригадаялъеги.\nРосулъ цоцазе кумек гьаби мурадалда ралел гваязулъа, нух, кьо балеб, лъим бачунеб, яс абулеб, лъимер гьабураб, хвел ккараб хъизамалдаги кидаго вукӏунаан гьев. Районалъул росабалъ гьарулел рекъел-маслигӏаталъул тадбираздаги гьес жигараб гӏахьаллъи гьабулаан.\nГӏемерал соназ гьес нухмалъи гьабуна росдал Советалъеги вукӏана росдал партиялъулаб гӏуцӏиялъул секретарьлъунги. Гӏадамазе кумек гьабизеги бокьулев, гьездасан кумек щвезеги бокьулев ва гьелде киналго ахӏулев инсан вукӏана Эме.\nАллагьас иманалда тӏовитӏун ватаги гьев лъикӏав инсан.\nРосдал жамагӏат\nакъсир ва тамихӏ\nРишват босулаго ккуна\nПолициялъул хӏалтӏухъанасда тӏад\nуголовнияб дело гьабуна\n2017 соналъул 28 декабралда Махӏачхъалаялъул ГИБДДялъул хӏалтӏухъабаз хъвана административияб низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ протокол. Гьелда абулеб букӏана, 2016 соналъул 14 июлалда машина бачине ихтияралдаса махӏрум гьавурав пуланав чияс машина бачунеб батанин абун. Протоколги, рапортги, машинаялъул хъвай-хъвагӏай гьабиялъул хӏакъалъулъ документалги ГИБДДялъул хӏалтӏухъабаз кьун руго полициялъул отделалъул дежурныясухъе. Административияб тамихӏ хисизабиялъул мурадалда, машинаялъул бетӏергьанасухъа 20 азарго гъуруш тӏалаб гьабун буго полициялъул хӏалтӏухъанас. Кодоб гӏарацгун, декабралъул ахиралда гьев ккун вуго ДРялъул МВДялъул жидерго хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул оперативиябгун розыскалъулаб отделалъул хӏалтӏухъабаз ва гьесул рахъалъ, хъулухъалдаса пайда босиялда бан, рагьун буго РФялъул УКялъул 159-абилеб статьяялъул лъабабилеб бутӏаялде рекъонкколеб (хъулухъалдаса пайдаги босун, гӏадамал махсараде кквей) уголовнияб дело. Гьеб хӏужаялъул цӏех-рех гьабулеб буго.\nДРялъул МВДялъул пресс-хъулухъ\nГӏайибияв щив?\nРеспубликаялъул ортопедиялъулгун травматологиялъул централда халгьабулеб буго унтарасе кумек кин гьабун бугебали\n2017 соналъул февралалда рехсараб медицинаялъул идараялде вачӏун вуго М. Хӏасанов. Гьес бицун буго цебесеб къоялъ жив къотӏнов гӏодов кканин ва квегӏаб махӏу унтулеб бугин. Гьесул махӏу бекун гьечӏеблъиги чӏезабун, 10 къоялъул болжалги цӏан, тохтурас лъун буго гипс (лангета) ва абун буго лъабго къоялдасан бакӏалъул поликлиникаялъул тохтурасухъе айилан. Амма унтарав тохтурасул малъиги тӏубазабун, поликлиникаялдеги ун гьечӏо.\n15 къоялдасан гьев цӏидасанги вачӏун вуго РОТЦялде. Гьесул байбихьун батун буго гангрена. Гьесда лъун букӏараб лангетаги нахъе бахъун, ругъунги бацӏцӏад гьабун, гьев витӏун вуго РКБялде. Гьениб чӏезабун буго квегӏаб махӏу къотӏизе кколеблъи.\nУнтарас судалде гӏарза хъван буго. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб РОТЦялъул нухмалъулев хисана. Цӏияв нухмалъулес 22 январалда судалде хитӏаб гьабуна, бицен гьабулеб лъугьа-бахъиналда бан, судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъул хӏасил жидехъе битӏеян абун.\nГӏиси-бикъинаб\nжо сабаблъун\nРагъана ва больницаялде ккана\nиясул ва Къоркъмасовасул къватӏал цолъулеб бакӏалда чанго гӏолохъанчиясда гьоркьоб ккараб рагъул хӏасилалда лъабгояв республикаялъул травматологияб централде ккана. Рехсараб централъул тохтур-травматолог Гӏалиев Ахӏмадица бицана гьел гӏолохъабазул гӏумруялъе щибго хӏинкъи гьечӏин.\n«Рагъизе ккеялъе букӏараб гӏилла гьез бицинчӏо. Амма цогидаздасан лъана гьел щибго гуреб гӏиси-бикъинаб жо сабаблъун рагъизе ккун рукӏин», — ан абуна А. Гӏалиевас.\nНури Нуриев"}
{"slug": "756-ebelin-nusal-abun-yasilan-yakad-kial-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=756-ebelin-nusal-abun-yasilan-yakad-kial-an", "title": "Эбелин нусалъ абун, ясилан якьад кӏалъан", "date": "2018-01-30 00:00:00", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Талихӏ бокьун батани, шайтӏан къезабизе ккола\nГазетаздагун журналазда хӏалтӏулел чагӏи-мухбирзаби гӏемер щвезе ккола батӏи-батӏиял росабалъе, дандчӏвазе ккола гӏадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хӏалтӏи. Бокьаниги бокьичӏониги командировкайин абун тӏад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчӏого тӏураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукӏарал гьалбадерил рокъове ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикӏаланго заман ун букӏаниги, гьесул васас дун цӏакъ лъикӏ къабул гьавуна, кваназавуна ва хабар-кӏал бицун хадуб вегизе хасаб рукъги бихьизабуна.\nАмма гьеб киналдаго цадахъ бихьулеб ва бичӏчӏулеб букӏана гьезул рокъоб парахатаб гуреб ахӏвал-хӏал букӏин. Гьеб сордоялъ ялъуни нахъисеб къоялъ гьоболасул васасул лъадиги эбелги цоцада кӏалъалелго рихьичӏо, кигӏанго хӏал лъазе теларилан дида цересан берцинго хьваданиги. Рукъалъул къварилъи тӏаде вачӏарав гьоболасда цӏакъго лъикӏ бихьулин абухъе, гьеб хӏал халлъичӏого хутӏичӏо дидаги. Амма дагьабищха букӏунеб нусалдаги якьалдалдаги гьоркьоб кьал, дандеккунгутӏи. Гӏадада гурелъулха умумузулго аби бугеб, якьадги нусги – расаги гӏункӏкӏгиян абураб. Гьеб ахӏвал-хӏалалде абизегӏанасеб кӏварго кьун букӏинчӏониги, нахъисеб къоялъ гьебго росдал школалде щведал, гьений учительницалъун хӏалтӏулей йикӏарай гьоболасул васасул лъадуца дун батӏаго вачана.\nУчительницаялъул гьари\n«Я вац, бегьулеб батани, дир цӏарги бихьизабичӏого хъвай газеталдасан якьадзаби кантӏизе гӏадаб макъала. Битӏахъе цӏадул корониб бугеб гӏадин гьелегьун буго рокъоб ахӏвал-хӏал. Толаро хӏалхьуда якьадалъ. Росасдаса, гьей угъраш сабаблъун, ятӏалъизеги бокьун гьечӏо. Гьабулебщиналда тӏад кӏалъала, малъарула, цо щиб бугониги мекъи гьабуни, битӏахъе бодаго суризаюла, халкъалдаги рагӏизаюла. Васасги эбелалъул рахъккола. Дида гьев вичӏчӏула. Эбелалъул хӏурмат рехулев чи гьев гуро. Амма дун хӏалхьуда толаро. Гьей кантӏиледухъ бегьуларищ газеталдасан чанго рагӏи абизе, динияй гӏаданилан чӏарай чӏужуги йигин, Аллагьас жужахӏалъул тӏинде ккад». Къокъго абуни, гьединаб калам букӏана гьоболасул васасул лъадул.\nЯкьад кантӏуледухъ газеталдасан калам гьабизе гӏураб гӏакълу ва гӏелму бугев чиги дун гурелъул, киндай гьелъул мурад тӏубалебилан вукӏаго, ракӏалде бачӏана цо кидаялиго цӏалун букӏараб бицен.\nНусалъул гӏамал хисун букӏин бихьидал, якьадалъги дир ясилан гурони гьелда абуларо ва щиб лъикӏлъи гьелъие гьабилебали лъаларого гьейги йикӏуна ккара-ккаралъуб нус еццулей. Палхӏасил, бащдаб лъагӏелгӏанасеб заманалда жаниб, битӏахъе эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб букӏунеб гӏадаб рокьи гьезулъги щулалъула.\nЗагьру — рекӏел тӏинда\n«Цебе заманалда Китаялда йикӏун йиго пуланай яс. Росасе индал гьелде тӏаде ккун буго росасул эбелалъеги хъулухъ гьабизе. Амма якьадалъ щибаб къойил тӏадкъалеб гьир чӏалгӏарай ва бакӏлъарай, гьелъул малълъари рихарай гӏолилалда ракӏалде ккун буго, якьад гъоб дунялалде йитӏизе. Гьеб мурадгун щун йиго инсул гьудуласухъе – хурдуздасан загьру бахъулев местӏерасухъе. Гьесда бицун буго жиндирго мурад ва гьарун буго, абураб гӏарацги кьелин, инсул рухӏалъе гӏологӏаги кумек гьабейилан.\nВаллагь, гьабилин, щайин гьабуларебинги абун, местӏер цин лъикӏго ургъун вуго ва гьадин абун буго: «Гӏенеккея, дир яс. Дица хӏадур гьабураб загьруги кьун гьей хвани, гӏадамал щаклъизе бегьула гьеб дур хӏалтӏи букӏине бегьулеблъиялда. Гьединлъидал, дица хӏадур гьабила цо чӏахӏ-хер, дагь-дагьккун гьелъул чорхолъ унти ккезабулеб ва лъагӏалидаса холеб. Гьеб мехалда дуде щивго щаклъизе гьечӏо. Дица кьураб гьаб загьру, къатӏра-къатӏраккун дуца гьелъул кванилъе бай.\nАмма гьебго заманалда жаниб дуца гьелъ малъа-малъарабги гьабе, гьейгун берцингоги кӏалъай, битӏахъе дурго эбелалъул гӏадин хӏурматгун хъатирги цӏуне».\nГӏолилай гьеб шартӏалда разилъула ва местӏерас кьураб загьруги босун рокъое щола. Гьес малъухъе хьвадула ва зама-заманалдасан гьелъул кванилъе «харил мугьалги» ккезарулаго, цӏакъ адабалда йикӏуна.\nЦо къоялъ гӏолилай ячӏуна местӏерасухъе ва Аллагьасул цӏар бахъун гьарула якьад хвасар гьайизе дару гьабейин, жинца кьураб загьруялъул хӏасилалда гьей хвезе бокьун гьечӏин, гьелдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларин кӏалъала.\nМихъилъеги гьимулаго местӏерас гӏолилалда абула расги ургъел гьабугейин, дица духъе кьураб жо загьру букӏинчӏин, цо гьадингояб, лъиего щибго пайда гьечӏеб чӏахӏ-хер букӏанин. Загьруйин абуни букӏанин дур рекӏелъ ва дуцаго мунго хвасарги гьаюнин».\nРугьел битӏана, хӏасил ккана\nГьаб биценги хъван, ккараб ккун букӏиниланги абун, дица ка-\nгъат битӏун букӏана гьоболасул васасул лъадул цӏаралда. Гьелдаса нахъе гьоркьоб лъикӏаланго заманги ун букӏана, дида гьеб лъугьа-бахъинги кӏочон букӏинарищха. Гьанже вахъун гьаб макъала хъваялъейин абуни ккана гьадинаб гӏилла: гьал къоязда дир цӏаралда редакциялде бачӏана лъой гӏаданалъул жаваб. Гьелда хъвалеб буго: «Хӏурматияв, Мухӏамадхӏабиб, дуца дихъе битӏун бачӏараб доб бицен цӏалидал, битӏахъе ццим бахъун лъугьун йикӏана гьабищин батараб дие кьезе жавабиланги абун. Амма тӏатӏаюссун чанго нухалда цӏалана ва щаяли лъаларо, дир ботӏролъ пикраби ххенезе лъугьана. Хӏакъикъаталдаги дун гӏайибияйцин йигодайилан ккана ракӏалде. Пуланаб къоялъ, якьадалъ цо щибалиго малъидал, валлагь гьабилаха, дир хирияй эбелиланги абун, дица гьелда баана. Гьей цин палгъан хутӏана, гьалъие ккараб щибилан йикӏун ятиларищха, хадуб, рекӏеде ячӏараб гӏадинги лъугьун, дир кверазда къочаризе лъугьана. Ниж цоцадаги хурхун лъикӏ мехалда гӏодана ва жинцаго малъараб гьабизе дунги течӏого, дица гьабила, дир ясиланги абун, дида тӏадкъараб гьабизе жийго лъугьана. Гьелдаса нахъе дир эбелилан дицаги, дир ясилан гьелъги гурони нижеца цоцазда абуларо. Хӏакъикъаталдаги, диралдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларо. Унгоха, дир рекӏее лъугьараб бигьалъи, унгоха, нижер рокъоб бугеб парахалъи. Мадулгьаллъи-къоноцин урхъун ралагьула нижер гьоркьоблъиялъухъ ва нижедаса талихӏаб хъизан цоги бати щакаб буго. Кӏочон тезе бахъана. Дун ригьнаде аралдаса лъабго лъагӏел бан букӏаниги, Бетӏергьанас лъимер кьун букӏинчӏо. Кватӏичӏогойин абуни, дир ясалъ тӏубала моцӏ. Нижеда ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, мавлид гьабизе. Бокьилаан, цадахъ хъизан-лъималгун гьоболлъухъе вачӏине. Нилъ гьалбаллъидалха. Цоги, дуца дихъе битӏун бачӏараб кагъат дица ясбер гӏадин нахъе цӏунун буго. ИншаАллагь, яс ригьнаде кьолеб къо бихьани, бищун къиматаб сайгъат хӏисабалда гьелъухъе кьела»."}
{"slug": "758-rakalda-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=758-rakalda-l-alkial", "title": "Ракьалда лъалкӏал", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Бакълъулазул тӏоцевесев прокурор\nКӏочонареб лъалкӏ тана тарихалда Бекмирзаевазул хъизамалъ\n2018 соналъул 12 январалда 296 сон тӏубана Россиялъул прокуратура гӏуцӏаралдаса. Исана гьебго къоялъ, 110 соналъ цеве, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъ Мавлутил Бекмирзал хъизамалда гьавуна бакълъулазул мухъалда тӏоцеве вахъарав прокурор ва судияв Бекмирзаев Мухӏамад.\nДоб букӏун батула, дун Гумбет районалде прокурорлъун витӏун моцӏгӏанасеб заман бачӏеб мех. Мелъелтӏа, дир кабинеталде, саламги кьун, вачӏана гъункараб черхалъул цо херав. Тӏад ретӏараб сси бугеб ратӏлидеги берцинго кӏкӏвараб магжидеги дандекколареб жолъун букӏана, кодор ккурал, гӏемер хӏалтӏизариялъ цӏвак-цӏвакарал магьидул чӏумал. Тӏаде балагьун бихьулеб букӏана, гьев цеве гӏадатияб хъулухъалда вукӏарав гурев, жиндирго къиматги лъалев, лъиде аскӏове вачӏун вугевалиги бичӏчӏулев чи вукӏин. Хъваш-баш гьабун хадуб, херас рагӏизабуна диргун гьоболлъи ва бихьизабуна районалъул прокуратураялдаса рикӏкӏад гьечӏеб жиндирго мина ва ахӏана гьоболлъухъ. Гьесухъе щведал бихьана, дида Мухӏамад сундаго хадувгъурав, калам къокъав чи вукӏин. Бокьарав хьиндалав урхъилеб гӏадаб букӏана гьесул минаялда цебе бугеб пихъил ахги. Пихъил гъутӏбузе кумекалъе ва гӏадамазе сахлъиялъе Мухӏамадица хьихьун ругоан наял, бугоан васасул хъизамалъ тӏалаб-агъаз гьабураб гьитӏинабго фермаги.\nДица чанго нухалъ суал кьуниги, рагӏичӏеб ххвелги гьабун, Мухӏамадица жиндирго хӏалтӏул цӏакъго мукъсанго гурого бицунароан, амма такрар гьабулаан, цӏакъго захӏматаб заман букӏиндал лъаларила, кигӏан битӏун гьабуниги баркала дагьаб хъулухъ букӏанила.\nМухӏамад вукӏана прокуратураялъул ветеран гуревги, пенсионерги, гьединлъидал дун щибаб байрам баркунги щолаан гьесухъе. 1908 соналъул 12 январалда гьавурав Мухӏамадие цӏакъ рекӏее гӏолеб букӏун буго рагъулаб хъулухъ, гьединлъидал гьев 1930 соналъул байбихьуда, кьун гӏарзагун, Багӏараб армиялде уна. 1931 соналда лъугӏизабула Ленинградалъул 42-абилеб рекӏаразул дивизиялъул 19-абилеб полкалъул школа. Хӏалтӏула взводалъул командирасул кумекчилъун ва 1932 соналда взводалъул командирлъун. Армиялъул хъулухъалдаса Мухӏамад тархъан гьавула, рагъулал хӏалбихьиязда щвараб сакъатлъи сабаблъун. Лъикӏго гӏурус мацӏги лъалев, хъвай-цӏалиялъе бажариги бугев, полкалъул школаги лъугӏарав Мухӏамад 1934 соналда тӏамула Гумбет районалъул халкъияв следовательлъун. Лъугӏизабула Махӏачхъалаялда рагьун букӏараб хасаб юристазул школа. Хадув хӏалтӏула Болъихъ, Гумбет ва Чӏарада районазда судиявлъун. 1946 соналдаса 1951 соналде щвезегӏан хӏалтӏула Гумбет ва Ведено районазда прокурорлъун.\nВатӏаналде къоккедал, цоцада хадур гьитӏинал вацалги рагъде ун, хӏукуматалъул хасаб хӏукмуялда рекъон, рагъдеги витӏуларого вугев Мухӏамадие расги бигьа букӏинчӏо, рагъул заманалъул къануназда рекъон, судалъул кьварарал хӏукмаби къотӏизе.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса гьеб лъугӏизегӏан, Бекмирзал Мухӏамад вукӏана Болъихъ районалъул халкъияв судиявлъун. Араб гӏасруялъул лъеберабилел ва кӏикъоабилел соназда судалъул ва прокуратураялъул хӏалтӏухъаби гӏемерисел унтун яги херлъун жидерго хвелалдалъун хвечӏо, гьезда хадубги гӏунтӏулеб букӏана гӏажалалъул саламгун бачӏунеб тӏухьидул гулла. Рагъда чанго нухалъ бигьа букӏана вихьулев тушмангун вагъизе, амма судалъул ва прокуратураялъул хӏалтӏухъабазе захӏмат букӏана, рихьун цадахъ ругониги, нахъасан речӏчӏулев хӏалихьат лъазе. Гьедин ракӏалдещвезабулаан ветеранас доб захӏматаб заман.\n1951 соналдаса нахъе Мухӏамад хӏалтӏула районалъул росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезариялъул ва гьел хӏадуриялъул гӏуцӏабазда, гьабула 13 соналъ мелъелдерил Тельманил цӏаралда букӏараб колхозалъе нухмалъиги. Колхозалъ гӏи-боцӏи гӏезабиялъулъ росарал бергьенлъабазул нугӏзаллъун руго Мухӏамадие щварал батӏи-батӏиял даражабазул шапакъаталги. Батӏаго тӏехь хъвазе бегьила, председательлъун хӏалтӏулаго, Мухӏамадица колхозалъул гӏаммаб магӏишат цебетӏезабиялда хурхун гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ. Пенсиялде ун хадувги Мухӏамад рахӏаталда чӏечӏо, байбихьана нухал къачӏазе ва диналда тӏадчӏезе.\nМелъелтӏаса гӏалимчиясул васас бицана, Нечаявкаялде устарасухъе унаго, машинаялда цадахъ кканила Бекмирзал Мухӏамад. Жиндие гьев большевик цадахъ ккезеги бокьичӏила, хӏукмуги гьабунила, кӏудиясухъе дагьавго лъалхъун, чияр бералдаса вахчун ине. Амма жив чӏун хутӏанила, жаниве вачӏунев дунги, къватӏиве вачӏунев Мухӏамадги кӏудиясул кавудахъ цоцалъ тункидал. Рагӏицин абичӏого, гьев анила, гьалгъан гьесда хадуб балагьун хутӏарав живги Кӏудиясул лъадуца рокъове ахӏанила. Ниж кӏиялго Мелъелтӏаса рукӏин лъалей гьелъ бицанила гьаб хадуб рехсараб хӏакъикъат.\nМухӏамад Болъихъ судиявлъун хӏалтӏулаго, расги гӏайиб гьечӏев чи жиндир рос, гьес хӏукмуги гьабун, жанив тӏамунила. Тӏоцеве гьев нижехъе вачӏиндал, гьев судияв лъарай жий гьесда хъачӏго кӏалъанила.\nБичасул хӏукмуялъулъ маслигӏат камулариланги абун, Кӏудияс, доб кьогӏаб заманалъул хъулухъчи, баччизе кӏолеб «юкги» тӏад лъун, берцинал чӏумалги сайгъат гьарун, тӏарикъаталъул нухда тӏовитӏанила. Гьелдаса хадуб Мухӏамад хьвадана Дагъистаналъул гӏалимзабазухъе, щвана киналго зияратазде, ана хӏежалде. Тӏуванго диналда тӏадчӏарав гьев, рокъоса къватӏивецин вахъунароан, жиндирго рухӏияб хисиялъе ккараб гӏиллаги лъиениги загьир гьабичӏого ана гьев, мунагьал чурад, абадияб рокъовеги.\nМелъелтӏа прокурорлъун хӏалтӏулаго, дица Мухӏамадил минаялда аскӏоб, сахаватал чагӏаз кумекги гьабун, рагьун букӏана дирго васалги росдал лъималги цӏализе гьитӏинабго мадраса. Гьеб рагьулеб къоялъги Мухӏамад, дица ахӏаниги, гьениве вачӏинчӏо. Хадув вихьидал абуна, мун гьаниве дибирлъун гурила вачӏун вугев, дудаго тӏадаб хӏалтӏиги гьабун вукӏайила, гьечӏеб бакӏалдаса тӏаде рагӏи балагьичӏого. Кодор чӏумал ругониги, кисиниб коммунистасул билет жеги цӏунун бугев, лъеберабилел соназул большевик, божулев вукӏинчӏин тана дица гьадигӏан бигьаго биххараб, амма гъодигӏан захӏматго гӏуцӏун букӏараб пачалихъ, тӏадбуссинарин абураб жоялда. Мухӏамадил вац Гӏамирхан рагъда араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, гьитӏинав вац Хӏабиб тӏадвуссана офицерасул чингун ва керен цӏурал шапакъаталгун. Дида батана 1931 соналда байбихьараб Гумбет районалъул прокуратураялъул буюрухъазул тӏехьалда гьоркьоб гьенивго секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Хӏабибил берцинаб хатӏалъ хъвараб гӏарза. Гьес хъвалеб букӏана, жиндир бакӏалде дандекколей чӏужугӏаданги йосун, жив Ватӏан цӏунизе рагъде витӏейилан. Бекмирзал Хӏабибгун цадахъав Сайпудин пенсиялде инегӏан хӏалтӏана райисполкомалъул ва райадминистрациялъул финансазул гӏуцӏиялъул нухмалъулевлъун, гьев вукӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав экономистги.\nЩиб хъулухъалда ругониги, кинаб хӏалтӏи тӏадкъаниги, Бекмирзал васаз гьеб борч, тӏад чи кӏалъаларедухъ, ракӏбацӏцӏадго, квер хъублъичӏого тӏубазабуна. Мухӏамадил кӏудияв вас Нуцалхан, тохтур-травматолог, хӏалтӏана унтаразул сахлъи цӏуниялда тӏад, гьев вукӏана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатги, гьес дарсал кьун куцаразул рахъана бажари бугел тохтурзабиги. Кӏудияв вацасдаса нахъа ккечӏого хӏалтӏана Мухӏамадил гьитӏинав вас Чалабиги, гьев вукӏана мугӏалим. Гьес нухмалъи гьабулеб мелъелдерил школа букӏана кидаго цебесеб кьерда. Бакълъулазул бахӏарчияб ва бечедаб тарихалда цо кӏочонареб лъалкӏ танин рикӏкӏуна дица Бекмирзаевазул хъизамалъ.\nАхӏмад Хӏасанов,\nГъизляр шагьаралъул прокурорасул кӏудияв кумекчи"}
{"slug": "759-bak-l-ulazul-tiotsevesev-prokuro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=759-bak-l-ulazul-tiotsevesev-prokuro", "title": "Бакълъулазул тӏоцевесев прокуро", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Кӏочонареб лъалкӏ тана тарихалда Бекмирзаевазул хъизамалъ\n2018 соналъул 12 январалда 296 сон тӏубана Россиялъул прокуратура гӏуцӏаралдаса. Исана гьебго къоялъ, 110 соналъ цеве, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъ Мавлутил Бекмирзал хъизамалда гьавуна бакълъулазул мухъалда тӏоцеве вахъарав прокурор ва судияв Бекмирзаев Мухӏамад.\nДоб букӏун батула, дун Гумбет районалде прокурорлъун витӏун моцӏгӏанасеб заман бачӏеб мех. Мелъелтӏа, дир кабинеталде, саламги кьун, вачӏана гъункараб черхалъул цо херав. Тӏад ретӏараб сси бугеб ратӏлидеги берцинго кӏкӏвараб магжидеги дандекколареб жолъун букӏана, кодор ккурал, гӏемер хӏалтӏизариялъ цӏвак-цӏвакарал магьидул чӏумал. Тӏаде балагьун бихьулеб букӏана, гьев цеве гӏадатияб хъулухъалда вукӏарав гурев, жиндирго къиматги лъалев, лъиде аскӏове вачӏун вугевалиги бичӏчӏулев чи вукӏин. Хъваш-баш гьабун хадуб, херас рагӏизабуна диргун гьоболлъи ва бихьизабуна районалъул прокуратураялдаса рикӏкӏад гьечӏеб жиндирго мина ва ахӏана гьоболлъухъ. Гьесухъе щведал бихьана, дида Мухӏамад сундаго хадувгъурав, калам къокъав чи вукӏин. Бокьарав хьиндалав урхъилеб гӏадаб букӏана гьесул минаялда цебе бугеб пихъил ахги. Пихъил гъутӏбузе кумекалъе ва гӏадамазе сахлъиялъе Мухӏамадица хьихьун ругоан наял, бугоан васасул хъизамалъ тӏалаб-агъаз гьабураб гьитӏинабго фермаги.\nДица чанго нухалъ суал кьуниги, рагӏичӏеб ххвелги гьабун, Мухӏамадица жиндирго хӏалтӏул цӏакъго мукъсанго гурого бицунароан, амма такрар гьабулаан, цӏакъго захӏматаб заман букӏиндал лъаларила, кигӏан битӏун гьабуниги баркала дагьаб хъулухъ букӏанила.\nМухӏамад вукӏана прокуратураялъул ветеран гуревги, пенсионерги, гьединлъидал дун щибаб байрам баркунги щолаан гьесухъе. 1908 соналъул 12 январалда гьавурав Мухӏамадие цӏакъ рекӏее гӏолеб букӏун буго рагъулаб хъулухъ, гьединлъидал гьев 1930 соналъул байбихьуда, кьун гӏарзагун, Багӏараб армиялде уна. 1931 соналда лъугӏизабула Ленинградалъул 42-абилеб рекӏаразул дивизиялъул 19-абилеб полкалъул школа. Хӏалтӏула взводалъул командирасул кумекчилъун ва 1932 соналда взводалъул командирлъун. Армиялъул хъулухъалдаса Мухӏамад тархъан гьавула, рагъулал хӏалбихьиязда щвараб сакъатлъи сабаблъун. Лъикӏго гӏурус мацӏги лъалев, хъвай-цӏалиялъе бажариги бугев, полкалъул школаги лъугӏарав Мухӏамад 1934 соналда тӏамула Гумбет районалъул халкъияв следовательлъун. Лъугӏизабула Махӏачхъалаялда рагьун букӏараб хасаб юристазул школа. Хадув хӏалтӏула Болъихъ, Гумбет ва Чӏарада районазда судиявлъун. 1946 соналдаса 1951 соналде щвезегӏан хӏалтӏула Гумбет ва Ведено районазда прокурорлъун.\nВатӏаналде къоккедал, цоцада хадур гьитӏинал вацалги рагъде ун, хӏукуматалъул хасаб хӏукмуялда рекъон, рагъдеги витӏуларого вугев Мухӏамадие расги бигьа букӏинчӏо, рагъул заманалъул къануназда рекъон, судалъул кьварарал хӏукмаби къотӏизе.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса гьеб лъугӏизегӏан, Бекмирзал Мухӏамад вукӏана Болъихъ районалъул халкъияв судиявлъун. Араб гӏасруялъул лъеберабилел ва кӏикъоабилел соназда судалъул ва прокуратураялъул хӏалтӏухъаби гӏемерисел унтун яги херлъун жидерго хвелалдалъун хвечӏо, гьезда хадубги гӏунтӏулеб букӏана гӏажалалъул саламгун бачӏунеб тӏухьидул гулла. Рагъда чанго нухалъ бигьа букӏана вихьулев тушмангун вагъизе, амма судалъул ва прокуратураялъул хӏалтӏухъабазе захӏмат букӏана, рихьун цадахъ ругониги, нахъасан речӏчӏулев хӏалихьат лъазе. Гьедин ракӏалдещвезабулаан ветеранас доб захӏматаб заман.\n1951 соналдаса нахъе Мухӏамад хӏалтӏула районалъул росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезариялъул ва гьел хӏадуриялъул гӏуцӏабазда, гьабула 13 соналъ мелъелдерил Тельманил цӏаралда букӏараб колхозалъе нухмалъиги. Колхозалъ гӏи-боцӏи гӏезабиялъулъ росарал бергьенлъабазул нугӏзаллъун руго Мухӏамадие щварал батӏи-батӏиял даражабазул шапакъаталги. Батӏаго тӏехь хъвазе бегьила, председательлъун хӏалтӏулаго, Мухӏамадица колхозалъул гӏаммаб магӏишат цебетӏезабиялда хурхун гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ. Пенсиялде ун хадувги Мухӏамад рахӏаталда чӏечӏо, байбихьана нухал къачӏазе ва диналда тӏадчӏезе.\nМелъелтӏаса гӏалимчиясул васас бицана, Нечаявкаялде устарасухъе унаго, машинаялда цадахъ кканила Бекмирзал Мухӏамад. Жиндие гьев большевик цадахъ ккезеги бокьичӏила, хӏукмуги гьабунила, кӏудиясухъе дагьавго лъалхъун, чияр бералдаса вахчун ине. Амма жив чӏун хутӏанила, жаниве вачӏунев дунги, къватӏиве вачӏунев Мухӏамадги кӏудиясул кавудахъ цоцалъ тункидал. Рагӏицин абичӏого, гьев анила, гьалгъан гьесда хадуб балагьун хутӏарав живги Кӏудиясул лъадуца рокъове ахӏанила. Ниж кӏиялго Мелъелтӏаса рукӏин лъалей гьелъ бицанила гьаб хадуб рехсараб хӏакъикъат.\nМухӏамад Болъихъ судиявлъун хӏалтӏулаго, расги гӏайиб гьечӏев чи жиндир рос, гьес хӏукмуги гьабун, жанив тӏамунила. Тӏоцеве гьев нижехъе вачӏиндал, гьев судияв лъарай жий гьесда хъачӏго кӏалъанила.\nБичасул хӏукмуялъулъ маслигӏат камулариланги абун, Кӏудияс, доб кьогӏаб заманалъул хъулухъчи, баччизе кӏолеб «юкги» тӏад лъун, берцинал чӏумалги сайгъат гьарун, тӏарикъаталъул нухда тӏовитӏанила. Гьелдаса хадуб Мухӏамад хьвадана Дагъистаналъул гӏалимзабазухъе, щвана киналго зияратазде, ана хӏежалде. Тӏуванго диналда тӏадчӏарав гьев, рокъоса къватӏивецин вахъунароан, жиндирго рухӏияб хисиялъе ккараб гӏиллаги лъиениги загьир гьабичӏого ана гьев, мунагьал чурад, абадияб рокъовеги.\nМелъелтӏа прокурорлъун хӏалтӏулаго, дица Мухӏамадил минаялда аскӏоб, сахаватал чагӏаз кумекги гьабун, рагьун букӏана дирго васалги росдал лъималги цӏализе гьитӏинабго мадраса. Гьеб рагьулеб къоялъги Мухӏамад, дица ахӏаниги, гьениве вачӏинчӏо. Хадув вихьидал абуна, мун гьаниве дибирлъун гурила вачӏун вугев, дудаго тӏадаб хӏалтӏиги гьабун вукӏайила, гьечӏеб бакӏалдаса тӏаде рагӏи балагьичӏого. Кодор чӏумал ругониги, кисиниб коммунистасул билет жеги цӏунун бугев, лъеберабилел соназул большевик, божулев вукӏинчӏин тана дица гьадигӏан бигьаго биххараб, амма гъодигӏан захӏматго гӏуцӏун букӏараб пачалихъ, тӏадбуссинарин абураб жоялда. Мухӏамадил вац Гӏамирхан рагъда араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, гьитӏинав вац Хӏабиб тӏадвуссана офицерасул чингун ва керен цӏурал шапакъаталгун. Дида батана 1931 соналда байбихьараб Гумбет районалъул прокуратураялъул буюрухъазул тӏехьалда гьоркьоб гьенивго секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Хӏабибил берцинаб хатӏалъ хъвараб гӏарза. Гьес хъвалеб букӏана, жиндир бакӏалде дандекколей чӏужугӏаданги йосун, жив Ватӏан цӏунизе рагъде витӏейилан. Бекмирзал Хӏабибгун цадахъав Сайпудин пенсиялде инегӏан хӏалтӏана райисполкомалъул ва райадминистрациялъул финансазул гӏуцӏиялъул нухмалъулевлъун, гьев вукӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав экономистги.\nЩиб хъулухъалда ругониги, кинаб хӏалтӏи тӏадкъаниги, Бекмирзал васаз гьеб борч, тӏад чи кӏалъаларедухъ, ракӏбацӏцӏадго, квер хъублъичӏого тӏубазабуна. Мухӏамадил кӏудияв вас Нуцалхан, тохтур-травматолог, хӏалтӏана унтаразул сахлъи цӏуниялда тӏад, гьев вукӏана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатги, гьес дарсал кьун куцаразул рахъана бажари бугел тохтурзабиги. Кӏудияв вацасдаса нахъа ккечӏого хӏалтӏана Мухӏамадил гьитӏинав вас Чалабиги, гьев вукӏана мугӏалим. Гьес нухмалъи гьабулеб мелъелдерил школа букӏана кидаго цебесеб кьерда. Бакълъулазул бахӏарчияб ва бечедаб тарихалда цо кӏочонареб лъалкӏ танин рикӏкӏуна дица Бекмирзаевазул хъизамалъ.\nАхӏмад Хӏасанов,\nГъизляр шагьаралъул прокурорасул кӏудияв кумекчи"}
{"slug": "760-nil-eda-barab-bugo-madugall-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=760-nil-eda-barab-bugo-madugall-i", "title": "Нилъеда бараб буго мадугьаллъи", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кигӏан нилъее бокьаниги, гьечӏо Дагъистаналда эркенаб ракь\nБуйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъе ине ракӏалда букӏана пихъ барщулъ, цӏар бугел мокьрол ахакьеги щун кинабго бихьизе, лъазе ва ахихъабазулгун гара-чӏвари гьабизе.\nЖакъасеб сапаралда дандчӏвай ккана гӏияхъанасулгун, «Чиркей 2003» КФХялъул (фермеразулаб магӏишат) нухмалъулев Сулайман Къурахӏмаевасулгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Щиб магӏнаялда магӏишаталда цӏар «Чиркей 2003» лъураб?\n— Киназго фермеразулал магӏишатал рагьизе байбихьараб доб заманалда гӏи-боцӏуда вугев дидаги ракӏалде ккана гьеб рагьизе. Рагьулаго, щиб цӏар лъолеб бугебин хӏалтӏухъабаз гьикъидал, гьелда тӏад ургъунго вукӏинчӏев дица, дирго росдал цӏарги гӏуцӏараб сонги хӏисабалде босун, ккана гьеб лъей.\n— Чӏикӏаб, гӏемераб цогидалда цадахъ, Дагъистаналда лъала пихъил ватӏан хӏисабалда. Гьезда гьоркьосаги вахъун, гӏияхъанлъиялде свери кин ккараб?\n— Цебе гӏухьбузул росу букӏана нижер. Лъеда гъоркье араб Басрияб Чӏикӏаб гӏадамазул ункъого проценталъул абуниги букӏун буго гӏи. Вехьасе гурони кьеларин яс абураб абигицин букӏун буго нижехъ. Нижер агьлуго буго гӏухьбузул, дир эменги, гьесул эменги рукӏана гӏияхъаби, гьездаса дихъеги щвана гьеб махщел.\n— Гьабсагӏаталда щиб гьоркьобе бачунеб дур магӏишаталъ?\n— Араб гӏасруялъул 50-абилел соназдаго нижер росдал гӏи-боцӏуе ракьал кьун руго Калмыкиялда, нижер анцӏгониги къайи (хъутан) букӏана доба. Хадуб гьел нижехъа нахъе ана, дун 3 участкаялда ижараялъе 4800 гектар ракьулги босун, вуго доваго. Хаслихъе къинлъизе тола 1500-гӏанасеб лемаг-чахъу. Цебе чӏикӏасезул букӏана магӏарул тайпаялъул гӏи. Гьелъул квас бичун унарого, къимат гӏодобе ккун букӏиналъ, дица адильбаевская тайпаялъул куйги биччан, гӏи сверизабуна жубараб тайпаялде. Квас гӏемер кьоларо гьелъ, амма гьеб буго къоги хӏехьолеб, гьанги кьолеб тайпа. Гьаниб, росдадаса 10 километралъ добегӏан, дица бана киналго шартӏал жанир ругеб ферма-комплекс. Гьениб буго, тӏасияб соналда бачалги росун, гьанае 150 баси хьихьизе рес кьолеб бокь. Калмыкиялдаса дица гьанибе гьанае хьихьизе баччула бихьинаб хух ва тӏокӏлъараб, гъая ккараб чахъу, гьабсагӏаталда буго гьединаб гӏиял 200 бетӏерги.\n— Ижараялъул кинаб къагӏида дур бугеб?\n— Дица ижараялъе босараб ракьалъул, батӏи-батӏияб бакӏалда бугеб 3 бутӏаялъул вуго 3 хважаин. Ракьалде хӏал кколаредухъ, гьезул цоялдаса цогидалде гочинабун кваназабула гӏи. Гектаралъухъ кьолеб багьа-квара буго гьарурал къотӏи-къаязда рекъон чӏезабураб.\n— Гӏияе кӏалцӏи-хер кин дуца хӏадурулеб?\n— Калмыкиялда бугеб гӏияе къинлъулеб заманалда гурони кӏалцӏи гӏемер къваригӏунаро. Лъагӏалие хӏажалъулеб гьелъул 20-гӏанасеб тонна, бигьаги лъикӏги букӏун, дица босула Дагъистаналдаса. Харил дие гӏола кӏиазаргогӏанасеб танг, гьебги босула Бабаюрталъул зонаялдаса. Сезоналъул заманалда босани, цо танг дие чӏола 120 гъуршиде, хасало босизе тани, гьеб жеги тӏаде уна.\n– Цо чияс тӏубалеб магӏишат гьеб гуро, хӏалтӏухъаби киса дуца рачунел?\n— Дова вуго 3 вехь – кӏигояв Чӏикӏаса ва цояв Рутул районалъул Кӏусур росулъа. Лъагӏалие щивасе дица кьола кӏикъоялда анцӏ-анцӏ къинлъизе лемаг. Гьезие буго цо моцӏрол отпускги, гьезул рес буго диразда цадахъ жидерго гӏи хьихьизеги.\n— Чӏагояб гӏи, гӏиял гьан киб ва кин дуца бичулеб?\n— Чахъаби къинлъун рахъарал тӏанчӏазул букӏуна 3 партия. Тӏоцебесеб партиялъул, 3 моцӏалъул тӏинчӏ (16-17 килоялъул) дица кьола бойниялде. Кӏиабилеб-лъабабилеб партиязул (гӏага-шагарго 500-600 бетӏер) цӏуяб тӏинчӏ тола диего, лемаг хисизе, бихьинаб тӏинчӏ гьанибеги бачун хьихьула гьанае. Босизе чи ккун хадуб бичула добаги гьанибги.\n— Кинаб букӏунеб къунцӏараб квасул къисмат?\n— Дир гӏиял цо бетӏералдаса, гьоркьохъеб хӏисабалда, бахъула квасул 2,6-3 кило. Къунцӏарухъаби, къунцӏараб лемагалъул цо бетӏер рикӏкӏун 65 гъурушги кьун (гъоркьиса букӏана гьеб багьа), рачуна Дагъистаналдаса. Гьанае бугелъул дир гӏи, гьелъие букӏуна аслияб хӏисаб, квасул цӏикӏкӏараб тӏалаб букӏунаро. Гъоркьиса 20 гъуршихъ кило хӏисаб гьабун, кинабго квас босана нижерго росулъа чагӏаз. Хӏасил гьабун, къунцӏарухъабазе кьуралъул бащдабгӏан гурони дие нахъе бачӏунаро, гьелъ кьолеб хайир гьечӏо.\n— Дагъистанияв вукӏиналъ, Калмыкиялда хӏалтӏизе кинабгӏаги къварилъи бугищ дуе?\n— Нилъеда бараб буго мадугьаллъи, нилъ лъикӏлъани, гъолги квеш рукӏунаро. Дагъистанияв вукӏиналъ бугеб щибго къварилъи гьечӏо доба – я гӏумру гьабизе, я хӏалтӏизе. Амма жанисанго, кьучӏдасанго бугеб рукӏа-рахъин, рижи батӏияб бугелъул, нилъер гӏамал-хасият бичӏчӏизе дозие дагьаб захӏмалъула. Битӏараб бицани, дие бокьилаан Дагъистаналда вукӏине, гьанивехун гочине, амма кигӏан нилъерабго бокьаниги, гьаниб, хасалил мучӏдузда, Кочубеялъул зонаялда щоларо ракь, гьечӏо эркенаб бакӏ. Калмыкиялда гьабсагӏаталда ракьалъул рахъалъ дие эркенлъи буго. Метерисеб нилъеда гьикъун бачӏунарелъул, хӏажалъи ккани вуссина нахъе – гьелъие буго дица гъоб киналго шартӏалги жанир ругеб ферма-комплексги бараб.\n— Бугищ дуего абизе бокьараб?\n— Киналъулго хӏасил гьабун босани, рецц Аллагьасе буго, дунго дицаго хӏебтӏун вуго, берцинго, бокьухъе хӏалтӏизе тун вуго, дихъа щибниги бахъулеб гьечӏо, гӏакъуба кьолев чи гьечӏо. Хӏалтӏуда рихьулел, дандчӏвалел захӏмалъаби гьечӏого рукӏунаро, гьелги кида тӏуранги тӏурала. Исламияб рахъ, божилъи гьечӏони щибниги лъикӏлъуларо, гьеб суалалъулъги нилъее къварилъи гьабулев, нилъ толарев чи гьечӏо. Дица шукру гьабула, дунялалда тӏад, чанги захӏматал бакӏалги рихьулел ругелъулха нилъеда…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "761-khialtiize-bokun-giadamal-telarin-khiakimzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=761-khialtiize-bokun-giadamal-telarin-khiakimzabi", "title": "Хӏалтӏизе бокьун гӏадамал, теларин хӏакимзаби", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ресал ва квалквалал\nДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасухъе хитӏаб гьабуна Гъуниб районалъул Чӏохъ-Коммуна росулъа предпринимателас. Гьес хъвалеб буго росдал бегавул Салим Салимовас тӏекъал ишал гьарулел ругин. Гьедин хъварал макъалаби рахъана араб анкьалда республикаялъул газетаздаги. Гьениб бахъун букӏана низам цӏунулел идарабаз щибго гьабулеб гьечӏолъиялда бан хъвараб Сайпула Салихӏовасул рагьараб хитӏабги.\nСайпула гьавуна ва гӏуна Чӏохъ-Коммуна росулъ. Гьесул анищ букӏана ферма базе ва гӏи-боцӏухъанлъиялъул магӏишат гӏуцӏизе. Хӏалтӏун данде гьабураб гӏарцухъ гьес бана гьитӏинабго бокь ва бичун босана цо чанго гӏака. Амма нилъерго тайпаялъул гӏачи хьихьун хайир щолеб батичӏо: мугӏрузул шартӏазде ругьунаб хӏайван букӏин гурони, гьелдаса бечӏчӏулеб рахьги дагьаб букӏуна, гӏемер букӏунаро гьанги.\nСайпулада кидаго берцин рихьулаан телевизоралдаса рихьизарулел Европаялъул фермабиги гьезул боцӏиги. Гьесие бокьун букӏана нилъер мугӏруздаги тайпадулаб боцӏи гӏезабизе. Гьес чанцӏулго хитӏаб гьабуна республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялде. Ахир-къадги гьесие кьуна 400 азарго гъуршил грант.\nМосква областалдеги ун, Сайпулаца босана цо чанго гӏака: немцазул чӏегӏерчараб «галштеналъул» тайпаялъулги хъахӏаб бетӏерги бугеб хъазахъазул «герфорд» абулеб тайпаялъулги. Республикаялде тӏадвуссун хадуб, щибаб гӏакдадаги басиялдаги бана хасаб чип – пачалихъалъ кьураб гӏарац сунде харж гьабулеб бугебали халкквезе рес кьолеб электронияб къагӏидаялъул алат.\nГранталъул гӏарцухъ Сайпулаца бана бокь. Гьеб ракьги босун букӏана росуцоясухъа. Байбихьана боцӏи гӏезабизе. Гьелго тайпабазул боцӏи жидееги хӏажат бугилан рачӏана Сайпулахъе мадугьалихъа фермабазулги тайпадулал гӏи-боцӏухъанлъиялъул магӏишатазулги бетӏергьаби. Амма байбихьана масъалабиги.\nРосдал бегавул Салим Салимовас, хъулухъалдаса пайдаги босун, байбихьана предпринимателасул магӏишат цебетӏезабиялъе квалквал гьабизе. Гьес Сайпулахъе ритӏана районалъул халгьабиялъул идараби. Предприниматель къуркьичӏо ва батӏи-батӏиял идарабаздеги ун, жиндирго ихтиярал цӏунизе жувана. Гьебмехалда бегавулас судалде хитӏаб гьабуна, ва судалъ хӏукмуги гьабуна Сайпулаца рарал бакӏал риххизе кколин.\nГӏачиязул бокь биххиялъе гӏиллалъун бегавулас рехсолеб буго гьеб базе Сайпулал ихтияр гьечӏолъи. Предпринимателас судалда цебелъолеб буго, гьеб базе ихтиярги гьарун, жинца росдал бегавуласухъе ритӏарал ва жавабго кьечӏого тарал хитӏабал. Гьесухъ кодор руго гьабсагӏаталда бокь бугеб ракьулги гьелда тӏад рарал объектазулги бетӏергьан жив кколевлъи тасдикъ гьавулел документалги. Жаваб щун гьечӏо гьес ДРялъул прокуратураялде гьабураб хитӏабалъеги.\nДРялъул Арбитражияб судалъ Чӏохъ росдал бегавуласул рахъккуна, ай предпринимателас бараб бокь биххизе кколин абураб хӏукму гьабуна. Гьебгощинаб къоги бихьун гӏезабулеб букӏараб тайпадулаб боцӏул 90 процент хъвезе ккана Сайпулаца. Гӏемерал соназ нилъер шартӏазде ругьун гьабураб цӏияб боцӏул тайпа хьихьизе бакӏ гьечӏолъиялда бан, ай хасало цӏорон хвеялъул хӏинкъи букӏун, гӏадада хвезе теларин абун, хъуна ва базаралда гьан бичана.\nРосдал бегавуласул «цӏакъго жигар цӏикӏкӏараб хӏаракаталдалъун» Сайпула Салихӏовасул тайпадулал бусби тӏокӏалъ рахинаро росдал магӏишаталъул выставкабазул сверулъе. Гъуниб районги махӏрумлъана жалго бетӏергьанаб тайпадулаб боцӏухъанлъиялдаса.\nГӏали Къасумов"}
{"slug": "762-mustakhiik-al-magiarulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=762-mustakhiik-al-magiarulal", "title": "Мустахӏикъал магӏарулал", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Квар халатаб, хабар магӏнаяб букӏана\nКварида васандулев Асхӏабгӏалица Галкин хӏикмалъизавуна\nРоссиялъул телевидениялъул Тӏоцебесеб каналалда буго «Бищун чӏахӏиял» абураб программа. Гьеб гӏуцӏун буго 55 сонил ригьалдаса тӏаде арал гӏадамазе жидерго гьунарал рихьизаризе рес кьеялъул мурадалда.\nДагьалъ цебе рехсараб программаялда гӏахьаллъана нилъер ракьцояв Асхӏабгӏали Хӏасановги. Гьесдаса цеве гьенибго гьунарал рихьизарун рукӏана 87 сон барав Гӏабдурахӏман Гӏабдулгӏазизовасги. Жиндирго ботӏрол расаздаги бан, гьес кодобе босана 102 килоялъул цӏайиги, цабзазги ккун, хадуб бехъерхъана юк баччулеб кӏудияб машинаги.\n«Бищун кӏудиял» абураб программа бачуна Максим Галкиница. Гьесда Асхӏабгӏали лъалаан: гъоркьиса гьев щун вукӏана, жинцаго ругьун гьарулел палугьабазул къокъаги бачун, Галкиница бачунеб лъималазул шоуялда гӏахьаллъизе. Лъималазул гьунаралъ пана гьаруна залалда гӏодор чӏаразул ракӏал. Максимица Асхӏабгӏалида дандчӏвай гьабуна «Дагъистаналъул легендаянги» абулаго. Гьес жеги абуна: «Цо-цоязухъа лъимерлъуда билана тӏагъур, цогидазухъа – квердаххелал. Асхӏабгӏалил билана хӏинкъи», — ян. Миллияб парталги ретӏун цеве вачӏарав Асхӏабгӏали гӏолохъанго вихьулин тӏадеги жубана. Къамартӏав, къартӏав дагъистаниясул гӏолохъанлъи цӏуниялъе бугеб балъголъи рагьизелъун, Галкиница Асхӏабгӏалие кьуна чанго суалги. «Инсанасул гӏумруялъул аслулъун ккола рокьи. Рекӏелъ рокьи гьечӏев чиясул бер тӏаде цӏала квешлъиялъ, гьес жиндаго сверухъги бекьула рокьукълъи, ццин», — ан абуна Хӏасановас.\nСахлъиялъул балъголъи кванилъ батилин гьикъидалги, Асхӏабгӏалица бицана, бищунго бокьулеб квен бугин ражигун хинкӏалги, гьангиян.\n1972 соналда байбихьана Асхӏабгӏали Хӏасановас кварида гьунарал гьаризе. «Цо нухалда, щуго метралъул борхалъудаса цӏолбол гъабу къачӏалаго, дун гӏодове вортана ва мугъзагьодалъе къварилъи ккана. Тӏокӏалъ квариде вахине бажариларин абун, гьеб иш тана ва лъимал куцаялде вуссана. Амма дица цебелъуна масъала: «Бищун чӏахӏиял» абураб программаялда гӏахьаллъизе кколин абураб. Гьебмехалда дагь-дагьккун байбихьана кварида гьунарал гьаризе. Ва дида бичӏчӏана: инсанасухъа кинабго бажарула, гьабулеб ишалде рокьиги яхӏгун къвакӏиги цӏунун бугони», — ян бицана гьес.\nКъокъабго гара-чӏвариялдаса хадуб, Асхӏабгӏали вахана квариде. Гьес гьарулел гьунараз хагазаруна залалда гӏодор чӏарал гӏадамал. Борхалъудасан, цӏан битӏараб шагьранухдасан кинигин, бигьаго хьвадана ва васандана гьев кварида тӏад. Цояб квералъухъ ккураб тӏилида тӏадги лъун, гъадароги ххенезабулаго, бахана гьес иргадулаб нухалдаги кварил манзил. Гьебго кварида лъураб малиялъул болъабазда тӏадеги вахана. Ахиралдаги кваридасан вилълъана, хӏатӏалги тӏарсазда жанир рукӏаго.\nБалагьаразул ракӏ асир гьабурав магӏаруласе кьуна хасаб медальги."}
{"slug": "763-untaraze-kh-ulukh-gabula-chiobogo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=763-untaraze-kh-ulukh-gabula-chiobogo", "title": "Унтаразе хъулухъ гьабула чӏобого", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Шагьаралъул цӏияб больница хьезабун буго хӏажатабщиналдалъун\n15 январалда Махӏачхъалаялда, Сепараторазул поселокалда, хӏалтӏизе байбихьана цӏияб больница. Гьелда абула шагьаралъул №3 клиникияб больницайилан. Гьеб бана ва хӏажатабщинаб алат-къайиялдалъун хьезабуна Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандил жигаралдалъун, ресалда ругел дагъистаниязул гӏарцудалъун ва, гваял ран, гӏолохъабазул чӏаголъиялдалъун.\nГьенир медицинаялъул хӏалтӏу-хъабазе гӏуцӏун ругел шартӏазул, унти чӏезабиялъе ва унтарал сахгьариялъе ругел ресазул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна больницаялъул директорасул заместитель, ДРялъул мустахӏикъав тохтур Гӏабдула Хӏажиевасулгун.\n«Цебе гьаниб букӏана ясазе бараб мадраса. Гьелъул бакӏалда, цӏидасан къачӏазеги къачӏан, гӏатӏидги гьабун бана больница. Гьаниб буго 135 чиясе вегизе бакӏ, поликлиника. Гӏадамал сахгьариялъе чӏезарун руго киналго шартӏал», — ан бицана Гӏабдула Хӏажиевас.\nГьабсагӏаталда гьениб хӏалтӏулеб буго лъабго отделение: терапия, хирургия ва гинекология. Терапиялъул отделениялда кумек гьабула рекӏел ва бидурихьазул, чехь-бакьалъул, гьуъразул ва гьуъразул мащабазул, кӏващул унтаби ругел чагӏазе. Хирургиялъул отделениялда гьарула операциял. Масала, гьаб заманалъул эхосонография аппараталъул кумекалдалъун хирургазул рес буго нусалъ къотӏичӏого ургьире раккун операциял гьаризе ва къокъабго болжалалда унтарав сах гьавизе. Эндоскопия абулеб къагӏидаялда унти чӏезабиялъе ва операциял гьариялъе больницаялда руго Fijifilm Fujinon EPX-4450 HD (Japan) фирмаялъул алатал. Операциял гьарула Россиялъул машгьурал клиникабаздаса рачӏарал тӏадегӏанаб лъаялъул ва гьединабго махщел бугел хирургаз. Хирургиялъул отделение хӏалтӏулеб буго антигепатит и антиСПИД абулеб программаялда рекъон, больницаялда гьелъие хӏажатал киналго шартӏалги руго.\nГьединго гинекологиялъул отделениеги хьезабун буго бокьараб унти чӏезабулел ва захӏматал операциял гьаризе бажарулел алатаздалъун. Больницаялда цебе буго поликлиникаги. Гьенирги хӏалтӏулел руго хӏалбихьи бугел специалистал: терапевт, кардиолог, хирург, невролог, офтальмолог, оториноларинголог, онколог, гинеколог, уролог, эндокринолог, нефролог, ревматолог, дермато-венеролог. Буго лабораториябгун диагностикияб хъулухъал тӏуразариялъе хӏажатабщинабги.\n— Гӏабдула, цӏияб больницаялда хӏалтӏизе тохтурзаби ва медсестраби кин росулел? Кинаб даражаялда бугеб гьезул лъай, махщел, хӏалтӏул хӏалбихьи?\n— Больницаялде росарал тохтурзабазул гӏемерисел руго Россиялъул регионазда ругел больницабазда хӏалтӏул хӏалбихьи щварал специалистал. Масала, больницаялъул бетӏерай тохтур, терапевт ва кардиолог Мариян Сайгидхӏусенова хӏалтӏулей йикӏана Тулаялда. Махщел камилай тохтур Рашидат Лайпанова, анкьида жаниб кӏиго нухалда, Москваялдаса ячӏуна захӏматал операциял гьаризе. Поликлиналъул нухмалъулев Хӏасан Алхасов ккола 20 соналъ Москваялда хӏалтӏарав уролог ва УЗИялъул тохтур. Къокъго абуни, гьединалго руго цогидалги тохтурзаби.\n— Бокьараб бакӏалдаса вачӏарав унтарав вегизавулищ больницаялда, кинал документалгун гьел рачӏине кколел?\n— Гӏумру гьабун вугеб бакӏалъул поликлиникаялдаса направлениеги босун, республикаялъул бокьараб шагьаралдаса ва районалдаса вачӏарав унтарав къабул гьавула нижеца. Больницаялда вегизе вачӏунев чиясухъ рукӏине ккола: анализазул хӏасилал, УЗИ ва гьуъразул рентгеналъул сурат. Гьединго къваригӏуна медицинаялъул страховияб полис, паспорт, унтиялъул бицунеб выписка (амбулаторияб картаялдаса).\n— Унтаразе кинал шартӏал гӏуцӏун ругел?\n— Киналго палатаби руго кӏи-кӏи ва лъаб-лъаб чи вегулел. Щивасул бусада аскӏоб буго, тохтур яги медсестра хӏажалъани, гьел ахӏулеб хасаб кнопка, цӏияб гьава биччалеб алат ва бидул тӏадецуй борцунеб аппарат. Унтарал рази руго кванидасаги. Руго лъай ва хӏалбихьи бугел богогьабиги, кванил даражаялда хадуб халкколел диетологалги.\n— Гӏарацги кьун тӏуралел хъулухъал ругищ больницаялда?\n— Гьечӏо, рукӏинеги гьечӏо. Киналго хъулухъал унтаразе чӏорого гьарула.\n— Больницаялъе гӏолареб жо щиб бугеб?\n— Къокъго абуни, гьабсагӏаталда унтаразе кумек гьабизе камураб жо щибго гьечӏо, амма хадубккунги больницаялъул хӏалтӏи цебетӏеялъе ва унтаразе гьабулеб хъулухъ гӏатӏид гьабиялъе босизе хӏажат буго хирургиялъул отделениялъе операция гьабулеб кӏигогӏаги стол, реанимациялъе тӏадеги аппаратура ва цоги рентген-аппаратал.\n— Гьел тӏаде рехсарал аппаратал ва цогидалги больницаялъул хӏажалъаби тӏуразе гӏарцулаб кумек гьабизе бокьарав чи вугони, лъида аскӏоре ине бегьулеб?\n— Больницаялъул банкалъулаб счеталъул номер цӏехон кӏалъазе бегьула 66-00-03 телефоналде. 2017 соналъул ноябралдаса декабралъул ахиралде щвезегӏан больница хӏалтӏана гурхӏел-рахӏмуялъул фондалдаса биччараб гӏарцулаб кумекалдалъун. 2018 соналъул январалдаса нахъе больница буго ФОМСалъул сияхӏалда. Больницаялъе лъагӏалие къваригӏунеб гӏарцул лъабил бутӏа гурони гьез хъвалеб къотӏи-къаялда рекъон, бицанихъе, 2018 соналда щвезехъин гьечӏо.\nНури Нуриев"}
{"slug": "764-nil-eego-zaralal-e-batula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=764-nil-eego-zaralal-e-batula", "title": "Нилъеего заралалъе батула", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Ахираб заманалда гӏадатлъун лъугьун буго интернеталъул сайтазда рагьарал кагътал хъвай\nГьанжезаманалъул хасиятлъун ккола бихьарабги рагӏарабги хехго тӏибитӏизаби. Гьелъие кумекалъе хӏалтӏизарула технологиял алатал. Пуланав чи вухулеблъиги, гӏодов кканиги, хӏакъир гьавулев вихьаниги, къварилъи ккарасе кумекалъе рахъиналъул бакӏалда гӏадамал рортула телефоназде ва лъугьа-бахъин бахъизе байбихьула. Цояз гьеб бахъула копоего, цогидаз – къварилъи ккарасул гӏагарлъи балагьиялъул мурадалда, лъабабилез – интернеталдаги лъун, жидеего «лайкал» гӏемер щвеялъул мурадалда. Рукӏуна гьедин бахъараб роликалдалъун пуланаб масъала цебелъезе къваригӏаралги.\nМасала, 2017 соналъул ноябралда Сочи шагьаралъул №4 школалъул учительницаялъ бахъана гьениб бугеб хашаб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеоролик ва гьеб лъуна интернеталъул сайталда. Роликалдасан бихьулеб букӏана кьучӏдасанго школа къачӏаялъе цебего заман щун букӏин. Интернеталда лъураб роликалъул кумекалдалъун гьеб къачӏаялде кӏваркьелин хьул букӏун батила учительницаялъул. Амма гьей, «школалъул уставалъул тӏалабал хвезарунилан» багьанаги батун, хӏалтӏудаса нахъе йитӏана.\nХарж цӏикӏкӏинабичӏо –\nмалъа-хъвай гьабуна\nДагьалъ цебе лъималазул ахалъул тарбиячӏужуялъги хъвана Владимир Путинихъе рагьараб кагъат. Гьелъ абулеб букӏана, «школалда цебесеб лъайкьеялъул педагогазул харжал цӏакъго дагь ругинги жиндирго гӏарцухъ кагъатги босун, гьелъул гьарурал пособиялги карточкаби къачӏазе кколин».\nПалхӏасил, министерствоялъ, гьеб лъугьа-бахъиналда бан данделъи тӏобитӏана. Гьелда гӏахьаллъана министерствоялъулги лъайкьеялъул департаменталъулги хӏакимзабиги, лъималазул ахазул нухмалъулелги, лъималазул умумулги. Гьениб гӏарза хъварай гьерсихъанлъун гьаюна. Бицана харж дагьаб букӏиналъе гӏилла кколин гьелъул тӏадегӏанаб лъай гьечӏолъи. Цӏиял ФГОСазда рекъон, киналго хӏалтӏухъабазул букӏине ккола тӏадегӏанаб лъай. Моцӏрол харжалъул тӏоцебесеб бутӏа ккола базовияб. Гьебги бараб букӏуна дипломалъул даражаялда. Кӏиабилеб бутӏа ккола гъирабазабиялъулаб. Гӏарзахъдарай педагогалъул хӏалтӏи хашаблъун рикӏкӏана (гуребани, гьелъул харжалде тӏадеги жубалароанищха гъирабазабиялъул бутӏа). Гьебги бараб букӏуна батӏи-батӏиял къецазулъ гӏахьаллъиялдаги (гьезда гӏахьаллъизеги гӏезегӏан гӏарац харж гьабизе ккола педагогас ва гьеб гьесие лъицаниги бецӏуларо), гьанжезаманалъул технологиял хӏалтӏизариялдаги, ишцоязе дурго хӏалбихьиялъул бициналдасаги, ай данделъабазда жигараб гӏахьаллъи гьабиялдасаги. Харжалъул лъабабилеб бутӏалъун рехсана лъималазе кьурал дарсазухъ гьезул эбел-инсухъа босулеб мухь. Гьединго данделъиялда бицана, лъималазул ахикь пособиял хӏадуризе киналго шартӏал чӏезарун ругиланги. «Кӏвахӏалай тарбиячӏужуялъ гьел пособиял хӏадурулел рукӏун руго жиндирго гӏарцухъ, ясли-ахикь бугеб аппаратги хӏалтӏизабичӏого», — ян бицана данделъиялда.\nАхиралдаги абила, педагогас тӏадегӏанаб идараялде гӏарза хъваниги, лъайкьеялъул идараялъул халгьабизе битӏун бачӏуна хасаб комиссия. Гьебмехалда халгьабула тӏолалго педагогазул хӏалтӏулги школалъул ахӏвал-хӏалалъулги. Гьединаб мехалда школалъул администрациялъги байбихьула гӏарза хъварав хӏалтӏудаса «жиндиего бокьун» нахъе инавизе.\nДоб данделъиялдайин абуни хӏукму гьабуна, гӏарза хъварай тарбиячӏу-жуялда хадув насихӏатчи чӏезавизе. Насихӏатчияс гьелда бичӏчӏизабизе ккола, цӏикӏкӏун харж щвезе бокьани, кин хӏалтӏизе кколебали.\nИргадулаб кагъат\nГьал къояздаги Владимир Путинихъе интернеталдасан хитӏаб гьабулеб буго Пермь краялъул пуланаб школалъул учительзабаз. Масала, дарсазухъ кьолеб мухь щай батӏи-батӏиял бакӏазда цо гьечӏеб? Ставкаялъухъ кьолеб мухь щай чӏезабулареб МРОТги кьочӏое босун? Лъагӏалил ахиралда учительзабазе премия щай кьолареб? Щай, прокуратураялде гӏарзаги хъван, гьелдаса хадуб гӏуцӏараб халгьабиялъухъ гӏакӏа бецӏизе кколеб учительзабазул харжазул фондалдасан? Щай школалъул халгьабизе рачӏунел жидеда тӏасан гӏарза хъван букӏараб идараялъул хӏалтӏухъаби? Учительзабилъун кколарел школалъул хӏалтӏухъабазул харж МРОТалде бахинабиялъул мурадалда щай хӏалтӏизабулеб гъирабазабиялъул бутӏаялъул гӏарац? Щай кружокалги къан, лъимал махӏрум гьарулел школалда тӏадехунисеб лъайкьеялдаса?\nГьеб буго Пермь краялъул учительзабазул улкаялъул президентасухъе гьабураб кӏиабилеб хитӏаб. Гьелъиеги, цебехун бицен гьабураб тарбиячӏужуялъул хитӏабалъего гӏадинаб къимат кьуни, расги гӏажаиблъиларо. Хӏакимзабазухъа цӏакъ лъикӏ бажарулелъулха жалго цӏунизе.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "766-50-son-kuna-khiak-ik-atal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=766-50-son-kuna-khiak-ik-atal-e", "title": "50 сон кьуна «Хӏакъикъаталъе»", "date": "2018-02-02 00:00:00", "categories": ["barkiyal", "kaziyat"], "text": "Д. Халидов: «Дагъистаналда эркенаб журналистика ва эркенаб пикру цӏуниялъулъ аслияб бакӏ ккола Гӏали Камаловас»\n2018 соналъул 1 февралалда Москваялда, Россиялъул Журналистазул минаялда тӏобитӏана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, РФялъул Журналистазул цолъиялъул секретарь Гӏали Камаловасул 70-сонилаб байрам.\nБайрам гӏуцӏана Россиялъул Журналистазул союзалъул, централияб федералияб округалда бугеб Дагъистаналъул дармил вакиллъиялъул, РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъиялъул ва Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул хӏаракаталдалъун.\nБайрамалда гӏахьаллъана улкаялъул Пачалихъияб Думаялда ругел Дагъистаналъулги ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги депутатал, Москваялда ругел дагъистаниял – гьениб гӏумру гьабун ругел творческияб интеллигенция, гӏалимзаби, ишалъулал хӏаратакатчагӏи ва цогидалги.\nГьудуласул хӏакъалъулъ рагӏи\nВсеволод Богданов (1992-2017 соназда вукӏана РФялъул Журналистазул цолъиялъул председательлъун): «Гӏали Камалов кидаго вукӏана Россиялъул журналистикаялъул церехъабазул кьерда. Гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏана ниж. Дида бичӏчӏана Гӏалие Россия ва гӏагараб Дагъистан хӏаталдаса ун бокьулеблъи. Гьес жиндирго рекӏелъан риччала республикаялда ккарал киналго лъугьа-бахъиналги халкъалъул пашманлъигун рохелги.\nГьев кидаго вукӏана махщалие ритӏухъавлъун, хилиплъичӏо газета цӏалулезе.\nКъуркьулареб гӏамал букӏиналъ, кигӏан хӏалуцараб заман бачӏаниги, гьев нахъе къачӏо ва цӏунана Россиялдаго бищун жигараблъунги къадар цӏикӏкӏараблъунги кколеб Дагъистаналъул Журналистазул союз».\nСулиета Кусова (Россиялъул Журналистазул цолъиялда цебе гӏуцӏараб СМИяздасан рорхулел миллиялгун диниял масъалабазул централъул нухмалъулей):\n«70 сон! Гӏураб ригь буго, аралъул хӏасилал гьаризеги букӏинеселъул хӏисаб гьабизеги. Амма жеги къо радалго буго. Хасго Гӏали Камаловасе, мехелалда жаниб гьесул 24 сагӏаталдасаги цӏикӏкӏун букӏуна заман. Гурони, кин тӏуразе ругел церечӏанщинал, ахир гьечӏел масъалаби? Гӏалихъа бокьараб захӏмалъиялъулги суал тӏубан бажарула. Амма гьесул гӏумруялъул аслияб ишлъун кидаго букӏана, дир пикруялда, гӏагараб «Хӏакъикъат» газета. Гьелъие Гӏалица кьуна гӏумруялъул 50 сон».\nНадежда Ажгихина (Европаялъул журналистазул федерациялъул вице-президент): «Щиб гьабулеб бугониги, жинцаго тӏаде босараб ишалде ракӏунтараб бербалагьиялъ ва, кигӏан кьогӏаб батаниги, къуркьичӏого ритӏухълъи батизелъун унев гьесул гӏамалалъ загьир гьабула, гьабсагӏаталда щвезехъин бугеб пайдаялдаса, инсанасул чилъиги, яхӏ-намусги, рекӏел бацӏцӏалъиги къиматаб букӏин гьесие. Загьир гьабула хӏилла-рекӏкӏалдалъун хъулухъалъул болъабиги рахун, щолеб хӏакимлъи гӏаданлъиялдаса цебе кквезе бегьулареблъи ва, кинаб ахӏвал-хӏал кканиги, къадруяв инсанлъун вукӏине кколеблъи.\nСеверияб Кавказалъулги, Москваялъулги, Европаялъулги гӏемерисел ишцояз гьесул цӏакъ хӏурмат гьабула, гьезие гьев ккола къадру тӏадегӏанав инсанлъунги, ритӏухъаб ва бахӏарчияб журналистикаялъул игӏланлъунги, жив вижараб ракьалъул унго-унгояв вакиллъунги. Гьес пана гьабула бокьараб аудитория гӏагараб Дагъистаналъул бицунаго».\nГӏумаргӏусман Хӏажиев («Дагъистан» басмаханаялъул директор):\n«Дагъистаналъул гьанжезаманалъул захӏматаб тарихалъул лъугьа-бахъиназул коронив вукӏана Гӏали Камалов журналист, политик ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда. Гьес киданиги бахчичӏо жиндирго пикру, кигӏан гьеб нухмалъулезе ва къимат-къадруялда ругезе дандекколеб гьечӏониги. Гьелъ гьев кидаго лъалхъизавичӏо.\nДица рикӏкӏуна, гьесул гӏамалалъул бищун аслияблъун кколин къвакӏи ва цебелъураб масъала тӏубазелъун, сункьаго къачӏого, цеве ин».\nДенга Халидов (политолог): «Ахирисеб 25 соналда жаниб гӏемерал политикиялги жамгӏиялги лъугьа-бахъинал ккана республикаялда. Амма Гӏали кидаго хутӏана жанисеб эркенлъи цӏунарав чилъун. Дагъистаналъул нухмалъиялдаги гьеб бихьичӏого хутӏизе рес букӏинчӏо. Чанцӏулго хӏалбихьана гьев къуркьизавизе, гьев чӏвазе хиялалцин гьаруна, гьесде бана рогьразул гъегъ, амма гьесухъа цӏунун бажарана доб жанисеб рацӏцӏалъиги жиндирго къадруги.\nДир ракӏчӏола, Дагъистаналда эркенаб журналистика ва эркенаб пикру цӏуниялъулъ аслияб бакӏ Гӏали Камаловас кколеблъиялда».\nЗикрула Илясов (Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул председатель):\n«Республикаялъул жамгӏиябгун политикияб ва информациялъулаб гӏумруялда пресса цӏунулев жигарав хӏаракатчи вуго Гӏали Камалов. Араб гӏасруялъул 90-абилел соназда, редакциязе гӏарац мукъсанлъараб заманалда, жиндиего зарал ккеялдасаги хӏинкъичӏого, гьес банказдаса къарзалъ гӏарац босана. Гьедин гьес цӏунана магӏарул газеталъул редакция гуребги, цогидал миллиял газеталги. Гьес цӏикӏкӏинабуна Журналистазул союзалъул хӏаракатги – 26 соналъ гьелъиеги нухмалъулеб буго Гӏалица».\nКачар Хӏусейнаева («Илчи» газеталъул бетӏерай редактор):\n«Гӏали Камалов – тӏад кӏалъазе рагӏи гьечӏев, хӏажат вугин ахӏидал, ва ахӏичӏониги кумекалъе ватулев гьудул. Гьединлъидал чӏухӏула, цого пикруялъул, гӏумруялде ритӏухъаб бербалагьи бугел Дагъистаналъул машгьурал васазул кьерда ятиялдаса.\nГьесул рекӏел жанги жигараб хӏаракатги халатал соназ жеги гӏеме-гӏемерал лъикӏал ишазе гӏела – гьеб гьарула ракӏ-ракӏалъ дица Гӏали Ахӏмадовичасеги»."}
{"slug": "772-nukhde-barab-tiekh-giadin-batila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=772-nukhde-barab-tiekh-giadin-batila", "title": "Нухде бараб тӏех гӏадин батила…", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Цӏумадаса хъвалеб буго\nГъоркьиса лъикӏаб хӏалтӏи гьабуна Болъихъа Агъвалибе унеб шагьранухда\nГьигьалъ-гӏурухъе щвезегӏан гӏатӏид гьабун ва хъил тӏун рагӏалде бахъана нух. Исана Гьигьалъ-гӏурухъа Агъвалиб бугеб полициялъул посталде щвезегӏан, 6 километралъул манзилалда, хъил тӏезе ракӏалда буго, гьелъие харж гьабизе гӏарацги бихьизабун буго. Гьеб хӏалтӏи, Аллагьас хъван батани, риидалиде тӏубазабизе пикру буго гьеб иш тӏаде босараб идараялъул.\nГӏадамазе гьелъул бугеб санагӏалъи гьечӏолъиги бихьун, цӏияб соналъ районцоязе сайгъат хӏисабалда, гьеб нух къачӏазе нигат ккана вацал Ахӏмад ва Мухӏамадзагьид Давудовазул. Пачалихъалъул кинабгӏаги кумек гьечӏого гьев кӏиявго вацас жидерго харжаздалъун къачӏалеб буго нух. Къойил микьго машинаялъ баччулеб буго Тӏисси-Ахикьа чабахх, грейдералъ битӏизабулеб буго нух, нухда бачунеб буго михир. Хъил тӏун рагӏалде бахъинегӏан нух къачӏазе кколеб идара хъил тӏезе тӏаде босаралги кколелъул, нужеца щай гьеб нух къачӏазе тӏаде босарабилан гьикъидал, Ахӏмад Давудовас абуна жиндирги Мухӏамадзагьидилги нигат кканин, Аллагьасе гӏоло, гьеб нух, хъил тӏун рагӏалде бахъинегӏан, гӏадамал ва машинаби хьвадизе бегьулеб хӏалалда чӏезабизе. Гьез гьеб хӏалтӏи гьабизе байбихьидал, хъил тӏезе тӏаде босараб идараялъги, кумек хӏисабалда, гьенибе битӏана кӏиго тонна цӏатаридул, грейдер ва михир. Радал сагӏат 7-ялдаса маркӏачӏул мех щвезегӏан хӏалтӏула гьенир Ахӏмадил ва Мухӏамадзагьидил хӏалтӏухъаби. Гьелгун цадахъ кӏвахӏ гьечӏого гьезие нухмалъи ва малъа-хъваял гьарулел руго «Дорстройсервис» ОООялъул нухмалъулесул заместитель Нурмухӏамад Гӏалиевас.\nНухлухъ балагьизе щварав районалъул бетӏер кутакалда рази хутӏана гьезул хӏалтӏудаса ва баркалаги загьир гьабуна гьезие. Районалда тӏоритӏулел тадбиразулъги кӏудияб гӏахьаллъи букӏуна гьев кӏиявго вацасул, ккараб бакӏалда кумекалъеги ратула гьел.\nКӏиявго вацас гьабурабщинаб лъикӏлъи, Аллагьасда цере щведал, нухде бараб тӏех гӏадин батила.\nГӏубайдула Малачдибиров"}
{"slug": "773-bishchun-tiadegianab-shapak-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=773-bishchun-tiadegianab-shapak-at", "title": "Бищун тӏадегӏанаб шапакъат", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Mesed clinic централда хӏалтӏулел тохтурзабазухъе унтарал гӏемер рачӏуна\nЦӏодорай, гӏакъилай, гӏамал берцинай, сабурай, пагьму-гьунар бугей, гӏадамазе кумекалъе кидаго хӏадурай. Гьадинай йиго гьаб макъалаялда бицен гьабулей Меседу Гъазалиева. Гьей ккола Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъа. Эмен Хӏажи Хӏусенов ва эбел Роза Гӏабдурахӏманова гӏемерал соназ хӏалтӏулел руго тохтурзабилъун. Гьездаса щвана Меседухъеги ирсалъе унтараздехун букӏунеб адабги рокьиги.\nТохтурзабазул хъизамалда гӏолей Меседуда гӏемер рагӏулаан эбел-инсуца рокъобги унтаразул бицунеб. Гьелъ жинцаго гьадин ракӏалдещвезабуна:\n— Районалъул больницаялда хӏалтӏулев вукӏин гуребги, инсул пиша букӏана гӏелмуялда хурхарабги. Районалде гӏемер рачӏунаан улкаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса тохтурзаби. Инсуца гьел кидаго рокъоре рачун рачӏунаан. Рачӏунан нижехъе Москваялдаса, Пятигорскалдаса, Америкаялдаса тохтурзаби. Цо-цо дидаги рагӏулаан гьез медицинаялъулги тохтурлъиялъулги хӏакъалъулъ бицунеб хабар. Дие бокьулаан гьезухъ гӏенеккизе. Ва тохтурлъун яхъине бугеб анищ къоялдаса къоялде щулалъулеб букӏана дир рекӏелъ. Тохтурлъун яхъине бугеб дир анищ жеги чӏаго гьабуна имгӏал Лабазан Хӏажиевичас. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Мелъелтӏа гьоркьохъеб школалда математикаялъул учительлъун. Гьес кидаго абулаан дида дун тохтурлъиялъе йижарай гӏадан йигилан, — ан.\nЭбел-инсуца кӏудияб кӏвар кьолеб букӏана ясалъул цӏалуде. Ахир-къадги тӏубана Меседул анищ — гьей яхъана Дагъистаналъул медуниверситеталъул студенткалъун. Лъабабилеб курсалда цӏалулей гьей цадахъго хӏалтӏулей йикӏана Махӏачхъала шагьаралъул больницаялда. Меседуе дарсал кьолей республикаялъул централияб больницаялъул гинекологиялъул отделениялъул заведующая Нателла Набиевналъ гьей ячунаан жиндаго цадахъ унтаразе операциял гьаризе. Цӏали лъугӏун хадуб, гӏолохъанай тохтур кӏиго соналъ хӏалтӏана гӏагараб Мелъелтӏа росулъ.\nМеседул ракӏалдещвеяздаса…\nТохтурлъиялъул тӏоцересел къоял… Ругьел щвана мадугьалихъ бугеб Игьали росулъа лъимаде йигей гӏадан захӏматго унтун йигилан. Тохтурзаби хӏинкъулел рукӏана гьелъие операция гьабизе тӏаде босизе. Амма дир рекӏее рахӏат букӏинчӏо, берда цее гӏолохъанай чӏужугӏадан хвезе тезе. Ва дун битӏккеялде кӏудияб нигатгун операция гьабизе хӏадурлъана. Гьеб букӏана дица жавабчилъи цӏикӏкӏараб тохтурлъиялде тӏамураб тӏоцебесеб захӏматаб гали. Къисматалъ хӏалбихьулеб букӏана дир. Дица хвасар гьабураб гӏумру — гьеле дие бищунго тӏадегӏанаб шапакъат. Дир доб мехалда букӏана 26 сон.\nМоскваялде сапар\nМеседул махщалил ва унтараздехун бугеб адабалъул бицунеб букӏана гьей лъалелщиназ. Лъай камил гьабизе эбелгун цадахъ Меседу ана Москваялде. Москваялъул тохтурзабазул гьариялдалъун, Меседу цӏализе лъугьана мединституталъул акушерлъиялъул ва гинекологиялъул факультеталъул аспирантураялде. Факультеталъул нухмалъулев Гӏамирхан Торчиновас абулаан Меседу йигила кафедраялъул аспирантазда гьоркьой цого цо аспирантка, унтарал сах гьарун ва гьезие операция гьабун бажарулей тохтурилан. Гьеб тӏадегӏанаб къимат гӏолохъанай тохтуралъе кьуна, гьелъ дипломалъулаб хӏалтӏи цӏунулелъул.\nМеседу росасе индал, бетӏергьанчи Къасумидаги бичӏчӏула лъадул хӏалтӏул жавабчилъи, гьединлъидал гьесги хӏаракат бахъула гьелъие сундулъго кумек гьабизе, бокьараб ахӏвал-хӏалалда гьей йичӏчӏулевлъун вукӏине. Буго гьезул кӏиго лъимерги: васги ясги.\nМеседул захӏматалъулаб биографиялъул тӏохьода раккана цӏиял тӏанчал. Диссертация цӏунун хадуб, гьей хӏалтӏизе лъугьана Москваялъул №13 больницаялъул гинекологиялъул отделениялде (гьенибго диссертацияги цӏунана гьелъ). Лъималги гьарун рокъой йигей гьелда гӏемер гьарулаан гьелде ругьунлъарал унтараз хӏалтӏизе яхъайилан. Ва Меседу хӏалтӏизе лъугьана Москваялъул клиникаялде.\nЦӏиял анищал ва жийго\nбетӏергьанаб клиника\nЗаманалдасан Меседудаги ракӏалде ккола жийго бетӏергьанаб клиника рагьизе. Меседуца гьенире хӏалтӏизе рачана махщел камилал тохтурзаби. Гьел киналго ккола медицинаялъул гӏелмабазул кандидаталги. Mesed cluhic централда хӏалтӏулел ругел тохтурзабазухъе унтарал гӏемер рачӏуна. Гьедин бугониги, тохтурзаби руго цӏакъ сабурал, гьез кӏваркьун гӏинтӏамула унтараз бицунелъухъ. Тохтурзабазда бичӏчӏула жидехъ хьулгун ралагьун чӏарал унтаразул гӏумруялде бугеб рокьи тӏадбуссинабизе жидеда тӏадаб бугеблъи.\nЦоги гали цебехун\nТохтурлъиялдаго цадахъ цогиги проект гӏумруялде бахъинабулеб буго Меседуца. Гьелъ рагьана Meced_beauty абураб салонги.\nБокьун буго захӏмалъабазукьа хӏинкъуларей Меседу Гъазалиевалъе гьабулелъулъ икъбал, махщалие дагьабги камиллъи гьаризе. Биччанте унтараздехун бугеб рокьуца къалъизаризе гьелъул гӏумруялъул нухал.\nПатӏимат Расулова,\n«РИА Новости»"}
{"slug": "774-turistal-rachiinegi-begula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=774-turistal-rachiinegi-begula", "title": "Туристал рачӏинеги бегьула…", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏочон тараб тарих, рехун тарал памятникал\nГлобализациялъул гӏасруйин абулеб гьаб заманалда киса-кирего нухалги рагьараб, бокьараб пачалихъалде щвезе ресги бугеб мехалда, гӏадамал унел руго батӏи-батӏиял улкабазде, цогидал халкъазул гӏумру бихьизе, тӏабигӏиял, культуриялгун тарихиял памятникал рихьизе, гьединго хӏухьбахъи гьабизеги. Туризм цебетӏолеб буго тӏолабго дунялалдаго. Гӏемерал улкаби руго туризмалдаса щолеб хайиралъ экономикаялда кӏудияб бакӏ кколел. Масала, Гӏарабазул Цолъарал Эмиратал, Турция, Греция, Египет, Таиланд, Италия, Грузия ва гь. ц.\nДагъистаналда туризм цебетӏезабизе кколин, гьелъие ресал ругин абулеб, бицунеб буго республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул идараялъги. Хӏакъикъаталдаги, къватӏиса рачӏарал гьалбадерида, туристазда бихьизе чанги тӏабигӏиял, культуриялгун тарихиял бакӏал руго нилъер гьанир. Амма…\nРеспублика байбихьула\nтахшагьаралдасан\nДагъистаналде вачӏунев турист тӏоцеве рещтӏуна Махӏачхъалаялда, гьенисан уна тӏасабищараб маршруталда рекъон. Рачӏана туристал тахшагьаралде, щиб бихьизе бугеб гьезда республикаялъул аслияб шагьаралда? Нилъецаго рехселин гьоболасда, вачӏарав туристасда бихьизе бугеб тахшагьаралъул «хӏикматал»: — гвендахарал, чорокал къватӏал, киса-кирего кьишни-къулалъул гъунал, чияс гьава цӏазецин рес гьечӏеб хӏалалда цоцалъ гъункун рарал гӏемертӏалаял минаби, лъелго унесецин нухги къварид гьабун тротуаразда рарал тукаби, киоскал. Изну букӏунги гьечӏогоги, кинабгӏаги архитектурияб магӏна-гӏин гьечӏого цадахъго ралел руго нус-нус гӏемертӏалаял минаби. Кидаялиго Северияб Кавказалда бищун гӏурччинаблъун букӏараб шагьаралда минаби ралаго къотӏун лъугӏизарурал гъутӏби. Миллионгӏан чияс гӏумру гьабулеб шагьаралда гӏураб къадаралда гьечӏел хӏухьбахъиялъе санагӏатал паркал, скверал, газонал. Гӏадамаз гӏумру гьабулел гӏемертӏалаял минабазда цун рарал заправкаби. Нухазда хьвадиялъул низам цӏуничӏого, нух къотӏун унев чиясе рес кьолареб хӏалалда къватӏахъан хъамулел машинаби. Шагьар бакьулъ ругел базарал, гьел сабаблъун лъугьунел хӏалкъаял, сверухъ квешаб махӏ. Ралъдал рагӏалда тӏибитӏун бугеб Махӏачхъалаялда эркенго ралъдахъе инецин рес гьечӏо. Каспийск шагьаралъул рагӏалдаса Чӏегӏерал ганчӏал абураб бакӏалде, гьенисаги Сулахъалде щвезегӏан рагӏаллъаби ккун руго, абухъего, дагьабго бугониги горбода рухӏ речӏчӏарал цӏиял дагъистаниязул минабаз-хъулбуз. Каспий ралъдалъе чвахулеб шагьаралъул канализациялъул бицинего ккеларо. Хӏасил, республикаялъул тахшагьаралъул «берцинлъабазул ва тӏокӏлъабазул» бицун хӏалкӏвеларо. Къокъго абуни, хӏалкъараб, нечараб ва намусаб сурат буго республикаялъул гьумерлъун букӏине кколеб тахшагьаралъул. Гьеб кинабго бихьарав туристасе кинаб асар гьабизе бугеб, вачӏинадай гьев нахъеги нилъехъе, щибдай гьес бицина тӏадвуссарабго?\nДербенталдаса тарих кӏудиял\nросаби руго магӏарухъ\nГӏодоблъиялъул Дагъистаналда туристал, гьайгьай, тӏоцере Дербенталде щвела. Кӏиазарго сон тӏубаялъул юбилеялде федералияб ва республикаялъул бюджеталдаса таманабго гӏарацги харж гьабун Дербент шагьарги Нарын-хъалаги къачӏана. Юнескоялъ тӏолгодунялалъул культурияб кӏваралъул памятниклъун лъазабураб бакӏ къачӏайги, гьеб нилъер букӏинги лъикӏ буго. Дербенталда руго гьалбадерие гостиницабиги, культуриял идарабиги, хӏухьбахъизе бакӏалги, гьанжесеб къагӏидаялъ абуни, хӏажатаб инфраструктура.\nРеспубликаялде рачӏарал туристазе бокьила мугӏрузде, магӏарул росабалъе щвезеги, Дагъистан цохӏо Дербент гурелъулха. Магӏарухъ ругелъулха росаби жидер тарих Дербенталдасаги кӏудиял.\nРахъана туристал магӏарухъе ине нухда. Гьанибги абизе кколеб буго гъобго, «амма» абураб рагӏи. Магӏарухъе рачӏунел туристазул нухда тӏоцебе бер речӏчӏула Чӏикӏаб, Рихьуниб, Гьоцӏалъ, Гъуниб ГЭСазул хӏоразда. Рорхатал мугӏрузда гьоркьор циндаго цере рехун рачӏунел гьел хӏораз сверухълъиялдаго гугьар базабун буго. Гьел хӏорал рихьидал лъугьараб лъикӏаб асар циндаго ссун уна хӏорида тӏад лъедолел ругел пластикалъул шушбиги, щибали батӏабахъизе лъалареб ришни-къулги бихьидал. Гьеб бихьарав туристас кинаб къимат кьезе бугеб нилъер «культураялъе», рацӏцӏа-ракъалъиялъе. Нухда рачӏунаго кӏиябго рахъалъ гӏодоре ран ругел кванил хутӏелазул, пакетазул, батӏи-батӏиял шушбузул рехсечӏого толеб буго.\nКвешги лъикӏги щвана туристал магӏарухъе, масала, Кӏаратӏе, Мелъелтӏе, Цӏурире яги Кидероре. Гьел рещтӏине, щуго цӏваялъулин абиларо, хӏатта гӏадатиябниги гьалбадерил рукъзал – гостиницаби ругищ? Гостиницаби ругеб кӏиго-лъабго райцентралдаги ругин абун цӏар букӏин гурого, багъилал бакӏал гьенир гьечӏо. Кинаб районалда бугеб дагьабниги ярагьунеб инфраструктура? Гьалбадерида цебе рехун бачӏине буго нилъер мискинлъи, рухӏияб хъарцинлъи. Районазде рачӏарал туристал росабалъе, тарихиял бакӏазде кин ине ругел, лъица гьезие бакӏалъулаб тарихалъул бицине бугеб?\nЧӏунтулел памятникалги рихьила\nТарихиялгун культуриял памятниказдалъун бечедаб буго магӏаруллъи. Цӏакъго хашаб буго гьел цӏуниялъе гьабулеб тӏалаб-агъаз, букӏине кколеб бербалагьи гьечӏолъиялъ гьел чӏунтулел, тӏагӏунел руго. Гьанжеялдаса лъеберго-кӏикъого соналъ цебецин Авар ва Гӏанди гӏурул жанирлъабаздагун щобазда, Гуржиязул гӏорхъоде щвезегӏан рукӏана анцӏ-анцӏ хъаравуллъиялъулгун ахӏиялъулал сиял. Гьанже цӏунун хутӏун руго Анцухъ, Мусрухъ, Муни, анкьго си букӏараб басрияб Гьоориб хутӏун буго гӏицӏго кӏигояб. Чанги тарихалъе кӏвар бугеб, культураялъулгун искусствоялъул памятникал, цӏулада ва ганчӏида гьарурал накъишал, жеги жидер магӏна баянлъичӏел хъвай-хъвагӏаял, эпиграфикиял памятникал лъалкӏ течӏого тӏагӏине тана жакъа чӏунталиде руссун ругел магӏарулазул кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун росулъ! Гьеб жо тарихалда цебе гьабураб такъсир кколарищ?\nНекӏсияб сипат лъугӏулеб буго гьанжесел магӏарул росабазул. Некӏсияб архитектураялда рарал минабицин къанагӏатги хутӏулел гьечӏо. Щай бегьулареб жаниса гӏадамалги ун чӏунтӏизе тарал, мисалалъе Шамил районалъул Къахӏиб Бакъда, Цӏумада районалъул Ангъида, Акнада, Гъуниб районалъул Гъамсукь росаби цере рукӏараб хӏалалда къачӏан, цебесеб умумузул архитектураги росабазул сипатги цӏунун памятникал гӏадин чӏезаризе. IХ-Хӏ гӏасрабазда гуржиязул миссионераз магӏарухъ насранияб дин тӏибитӏизабулелъул бараб гьатӏан (килиса) буго Шамил районалъул Датуна росдада аскӏоб. Дагъистаналда цого-цо бугеб гьебги, тарихиял памятникал хӏисабалда къачӏани, къватӏиса рачӏарал туристазеги гьелъул интерес букӏина. Махӏачхъала-Хӏебда нухдаса нусго метр гурого килисаялде аскӏобе гьечӏелъул, гьенибе гӏадамал ине квегӏенаб нухги гьабизе бегьула.\nЦересел памятникал цӏуниялда цадахъго цӏиял памятникалги разе ккола.\nНилъер тарихалда кӏвар бугел лъугьа-бахъинал ккарал Хицӏиб майданалда ва Ахӏулгохӏда аскӏор рагьун руго мемориалал. Гьеб лъикӏ буго, тӏаде рачӏарал туристазеялдаса гьезул асар цӏикӏкӏараб букӏина нилъер гӏолеб гӏелалъе патриотикияб тарбия кьеялъе.\nКавказалъул рагъул заманалда кьалул майданлъун букӏана магӏаруллъи. Магӏарулазул тарихалда хасаб бакӏ ккола ХӀX гӏасруялда букӏараб халкъалъул къеркьеялъ. Щай бегьулареб гьеб рагъул заманалда магӏарулаз бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьизабурал цо-цо бакӏазда кинаб бугониги ишара, хъвай-хъвагӏайгун памятникал лъезе? Гьел лъезе бегьила Аргъвани, Хьаргаби, Уллухъала букӏараб бакӏалда, Тӏарада Инхело, Тӏелекь, Чӏохъ, Кӏитӏури….\nКавказалъул рагъ лъугӏун хадуб пачаясул Россиялъ рана хъулби Болъихъ, Гъуниб, Хунзахъ, Къородисезул кьода. Магӏарулазда тӏад кверщел гьабиялъе гӏоло ран рукӏаниги, гьанже гьел ккола заманалъул, тарихалъул бутӏа лъун. Жакъасеб къоялда гьезул расги лъикӏаб хӏал гьечӏо, чӏунтун унел руго. Памятникал хӏисабалда къачӏазеги къачӏан, гьенир рагьизе бегьилаан музеял.\nКъокъаб шаригӏаталъул заманалда, ай 1877 соналъул багъа-бачариялда хурхунги гьечӏо бараб цониги памятник.\nХӏасил гьабун абуни, туризм цебетӏеялъе республикаялда ресал руго хӏалтӏи гьабуни.\nГӏицӏго хӏажат буго республикаялъул даражаялда мухӏканаб планги бахъун, некӏсияб тарихалъул памятникал цӏунизе. Гьеб мехалда такрарлъи гьечӏеб нилъер тӏабигӏаталде, беричал мугӏрузде рачӏунел туристалги гӏемерлъила.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "775-gi-mirzabekov-gavuraldasa-80-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=775-gi-mirzabekov-gavuraldasa-80-son", "title": "Гӏ. Мирзабеков гьавуралдаса — 80 сон", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "…Премьер-министрасде щвезегӏан\nЗаманалдасаги цеве унев вукӏана гьев\nГӏабдуразакъ Мирзабековасул цӏаралда бухьараб буго араб гӏасруялъул 1987-1997 соназда Дагъистаналъул экономика цебетӏей. Гьеб заманалда цӏарги журналистаз ва аналитиказ лъун букӏана «Мирзабековасулин». Дагъистаналъул цӏияб тарихалда гьесул цӏаралъги ккола цо хасаб бакӏ. Гьев мустахӏикъав вуго республика цебетӏезабиялъулъ жидеца бутӏа лъуразул цебесеб кьерда вукӏине. Хӏалбихьи бугев нухмалъулев, республикаялъул жамгӏияталъ жиндир адаб гьабулев вукӏарав, гӏадатиял гӏадамалгун кӏалъазе лъалев — гьединав вукӏана Мирзабеков. Доб захӏматаб, политикаялда ва экономикаялда кӏудиял хиса-басиял кколеб заманалда, гьев ритӏухъавлъун хутӏана Дагъистаналъеги, дагъистаниязеги, жиндирго ишазеги. Гьесие хасияталлъун рукӏана гӏагараб халкъалда цебе жиндаго тӏадаб борч тӏубай, божилъи, яхӏ-намус цӏуни гӏадал гӏамалал.\nГӏабдуразакъ Мирзабековас захӏматалъулаб нух байбихьана 1961 соналда Каспийскалъул «Дагъдизель» заводалда инженерасул хъулухъалдасан. 1972 соналъул байбихьуда Мирзабеков хӏалтӏизе лъугьана Махӏачхъалаялъул приборал гьарулеб заводалъул директорасул заместительлъун, гьебго соналъул ахиралда тӏамуна Гъизляралъул электромеханикияб заводалъул (КЭМЗ) нухмалъулевлъун. Гьениб загьирлъана гьесул гӏуцӏарухъанлъиялъул махщел. Гьелго соназ гьесие щвана кӏиабилеб тӏадегӏанаб лъайги. Гьес Москваялда лъугӏизабуна КПССалъул ЦКялда цебе бугеб жамгӏиял гӏелмабазул академия. Ва гьенибго цӏунана экономикиял гӏелмабазул кандидатасул диссертация.\n1986 соналда 46 сон барав заводалъул директор тӏамуна Дагъистаналъул Министрзабазул советалъул председателасул заместительлъун ва хадуб, 1987 соналда — Дагъистаналъул Министрзабазул советалъул председательлъун. Республикаялъе захӏматаллъун рукӏарал гьел соназ Дагъистаналъул хӏукуматалъул бетӏерлъуда вукӏарав Мирзабековас ракӏбацӏцӏадаб хъулухъ гьабуна дагъистаниязе.\nЗаманалдасаги цеве унаан гьев\nМирзабековасда цадахъ дун хӏалтӏана 11 соналъ. Ва дица нугӏлъи гьабула Дагъистаналъул промышленность ва росдал магӏишат базаралъулаб экономикаялде бачине гьес гьабунщинаб хӏалтӏуе. Абизе ккола, гьелъул рахъалъ гьев заманалдасаги цеве унев вукӏанилан. Россиялъул цохӏо субъекталъе гьеб букӏана цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи ва цебетӏей.\n1991 соналъул 21 декабралда букӏараб ДАССРалъул Верховный Советалъул иргадулаб сессиялда «Дагъистаналъул кадрабазул политикаялъул хӏакъалъулъ» абураб докладалда гьес абуна республикаялъул цебетӏей ине бугила капитализмалъул нухдасан.\n— Дида кколеб буго киназдаго гурин бичӏчӏулеб бугеб республикаялъул политикияб ва экономикияб гӏумруялда кколел ругел хиса-басиязул магӏна. Жамгӏиябгун политикияб гӏуцӏи хисулеб буго цоги батӏияб гӏуцӏиялъ, ай капитализмалъ. Гьединго кӏудиял хиса-басиял ккезе руго гӏадамазул гӏумруялъулги. Нилъ гьелде рачӏунел руго. Ва гьелде хӏадураллъунги рукӏине ккола, — ян абуна гьес.\nГьеб киналъулго хӏакъалъулъ гьес хъванги букӏана «Регионы. Экономика. Стратегия. Безопасность» абураб тӏохьода.\nЦӏирагьиял\nМирзабековасул жигараб байбихьиялдалъун 1989 соналда гӏуцӏана республика гӏарцудалъун жинцаго хьезабиялде ва самоуправлениялде бачӏиналде хӏадур гьабиялъул хасаб комиссия. 1992 соналде щвезегӏан гьесухъа бажарана Россиялъул бюджеталдаса гӏарац босичӏого, нилъерго налогазул кьучӏалда Республикаялъул экономика хӏалтӏизабизе.\nГӏабдуразакъ Мирзабеков вукӏана цӏакъго гӏадатияв инсан. Данде ккарал гӏадамазда гьев кӏалъалаан гӏодове виччан, цӏехолдулаан, гӏенеккулаан бицунелъухъ, кьолел гӏакълабазухъ. Гьелъ квербакъулаан гьесие хӏалтӏи цебе бачиналъе. Гӏабдуразакъ Мирзабековас хӏукуматалъе нухмалъи гьабулел соназ Махӏачхъалаялда рагьана «Адам-Интернешнл» абураб реччеб гьабулеб завод, Дербенталда риччазе байбихьана «Филлипс» телевизорал. Гӏуцӏана «Мугӏрул», «Юг», «Переселение» социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул программаби, балеб букӏана Рихьуниб ГЭС. Гьединго щулалъана Турциялъулгун, Италиялъулгун, Испаниялъулгун дармилал бухьенал. Гьебго заманалда байбихьана республикаялда щуго эркенаб таможенияб зона рагьиялъе гьарулел хӏалтӏаби: аэропорт, ралъдал порт, «Дагъдизель», «Радиотовары», «КЭМЗ». Гӏабдуразакъ Мирзабековасул жигаралдалъун, Россиялъул батӏи-батӏиял ремонтазда байбихьана рагьизе ДРялъул вакиллъаби. Жакъа къоялде гьел руго 50-ялдасаги цӏикӏкӏун. Хӏадур гьаруна Дагъистаналда халкъазда гьоркьосеб эркенаб экономикияб анкьго зона рагьиялъе документал: «Дагъистаналъул юг ва Азербайжаналъул север», «Ралъдал дармил порт» ва цогидалги. Мирзабековасул жигаралдалъун бана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялъул мина.\nХӏалтӏуца берцин гьабураб гӏумру\nДоб заманалда хӏукуматалда кӏвана Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъи ва цоцалъ рекъон хӏалтӏи цӏунизе. Гӏабдуразакъ Мирзабеков киданиги лъугьинчӏо рецц-бакъалда хадув, къваригӏинчӏо гьесие тӏадегӏанал хъулухъалги, гьелъул гӏаксалда, гьесие бокьун букӏана хӏалхьиялде ине. Гьелъул хӏакъалъулъ гьес лъазеги гьабуна 1991 соналъул 31 августалда тӏобитӏараб ДАССРалъул Верховный Советалъул сессиялда. Гьединаб мисал, Бакътӏерхьул улкабазда цебего гӏадатлъун букӏаниги, Россиялда, хасго Дагъистаналда, 42 соналъ хӏалтӏулев вугониги, дида дандчӏван букӏинчӏо. Амма депутатаз гьеб гьари къабул гьабичӏо.\nМирзабековасухъа бажарана республикаялъул экономикаялъулъ кколел ругел хиса-басиял, цӏилъаби гӏумруялде рахъинаризе, кигӏан захӏматаб заман бугониги. Чӏорогоял тукаби, базарал, мискинлъарал колхоз-совхозал — сунцаниги квалквал гьабичӏо гьесие.\n1992 соналъул 21 маялда букӏараб ДРялъул Верховный Советалъул сессиялда гьес абуна заман щун бугин президентас республикаялъе нухмалъи гьабулеб къагӏидаялде рачӏине.\n— Раккила цӏиял цӏарал, цӏиял программаби, гӏолохъанал кадраби, аналитикияб бажари бугел гӏадамал. Гьединлъидал цӏилъабиги къваригӏуна нилъее», — йилан абуна гьес.\nГьес кӏвар кьолаан цӏиял кадраби хӏадур гьариялде. 1992 соналъул сентябралда ДРялъул Министрзабазул советалда ишазул Управляющиясул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав дун щвана гьесухъе республикаялда пачалихъиял хъулухъчагӏазул кадраби хӏадур гьаризе ккеялъул суалгун. Партиялъул идараби риххаралдаса нахъе, гьеб суалалде кӏвар кьолеб букӏинчӏо, гьединал хъулухъчагӏазул махщел камил гьабулеб бакӏги букӏинчӏо республикаялда. Гьединлъидал 1992 соналъул ноябралда Дагъистаналда Министрзабазул Советалда цебе гӏуцӏана пачалихъияб ва муниципалияб хъулухъалъул кадраби хӏадур гьарулеб бетӏераб управление. Гьелъ рес кьуна къватӏисел пачалихъазулгун бухьенал щула гьаризе. Гьединго Гӏабдуразакъ Мирзабековас байбихьана конкурсалда рекъон пачалихъиял хъулухъазде кадраби хӏадуризе. Кадрабазул аттестация гьаби байбихьана Министрзабазул Советалъул ишазул Управлениялъул аппараталъул хӏалтӏухъабаздасан. Гьеб иш дагьабги цебетӏуна Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасул заманалда.\nДагъистаналъул диагностикияб центрги рагьана Мирзабековасул жигаралдалъун. Доб заманалда унтарал цӏакъго гӏемерлъун рукӏана, больницабазда регизе бакӏал гӏолел рукӏинчӏо.\nГӏадатиял гурел ишазул\nгӏадатияв дагъистанияв\nГӏабдуразакъ Мирзабековасул гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб махщелги хӏалбихьиги бихьун, Россиялъул хӏукуматалъ гьев тӏамуна Балтиялъул улкабазда Россиялъул вакиллъун. Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ гьесие щвана «Захӏматалъул Багӏараб Байрахъ» ва «Хӏурматалъул гӏаламат» орденал, ДРялъул Хӏурматалъул грамота, медалал.\nГӏабдуразакъ чӏвазе къасд гьабуна лъабго нухалда. Гьев гӏумруялдаса ватӏалъана 2008 соналъул 17 июлалда.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "777-4-fevral-rak-untiyalde-dande-k-erkeyal-ul-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=777-4-fevral-rak-untiyalde-dande-k-erkeyal-ul-k-o", "title": "4 февраль — рак унтиялде данде къеркьеялъул къо", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏемерисеб хӏалтӏи буго кагътидаго\nЧӏужугӏаданалъул керен цӏунун бажаруледухъ пластикияб операция гьабизе кӏолел\nхирургал республикаялда гьечӏо\nДРялъул онкологияб централъул баяназда рекъон, Дагъистаналда вуго 4550 ракалъ унтарав чи (2230 бихьинчи ва 2320 чӏужугӏадан). 2016 соналда, кереналда рак унти бугин абун, хъвай-хъвагӏай гьабун буго 550 чӏужугӏаданалъул, ай 100 азаргоялда гьоркьоса 150-ялъул (Россиялда – 408-ялъул).\nСоналдаса соналде руччабазул кереналда рак унти ккеялъул хӏужаби цӏикӏкӏунел рукӏинги хӏисабалде босун, гьелъие бугеб гӏиллаялъул, цӏодорлъи гьабизе кколеб къагӏидаялъул, сахгьабиялъе ругел ресазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДГМУялъул онкологияб кафедраялъул доцент, республикаялъул онкологияб централъул хирург-онколог-маммолог Гӏумардибир Мухӏамадовасулгун.\n— Гӏумардибир, щиб жо кколеб каранзул рак унти, кин гьеб кколеб?\n— Рак унти ккола пуланаб логол клеткаби цӏакъго гӏемерлъи, ай, хӏатталдаса ун гьезул къадар цӏикӏкӏин. Гьелъие бугеб аслияб гӏилла жеги тӏубанго лъалеб гьечӏо. Унти ккеялъе квербакъула клеткабазул геназул ва гормоназул гӏунгутӏабаз, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, гӏумру гьабулеб къагӏидаялъ, лъимер рехиялъ…\n— Гьеб унти «гӏолохъанлъулеб» бугин абула, гӏелмуялъ щиб абулеб бугеб?\n— Жакъа гӏолохъанал ясаз бигьаго гӏумру тӏамулеб букӏин ккола гьелъие бугеб аслияб гӏилла. Гьез я магь баччуларо, я хурир чӏарадуларо, хъахӏаб чедги кун, сериалазухъги балагьун, тахида регун, тӏамулеб буго гӏумру. Гьез къанагӏатги кваналаро хъачӏаб, къвакӏараб квен, кванилъ гӏемер хӏалтӏизабула кьаралъи, кватӏун гурони росасе унаро, кватӏун гурони лъимер гьабуларо. Гьел гӏунгутӏабазул «кумекалдалъун» ясазул чорхолъ гормоназул хьвади, магӏна хола, каранзул клеткабазулъ гьел цӏикӏкӏуна, гьелдалъун каранда рак унтиги ккола.\n— Кинал гӏаламатазде руччабаз кӏвар кьезе кколеб, кин цӏодорлъи гьабилеб?\n— Байбихьудаго рак унти тӏатинабизе захӏмалъула. Тӏоцере гьелъул раккула гьадинал гӏаламатал: руччабазул 80 проценталда гьеб тӏатуна каранде кӏанцӏараб къвакӏараб гороялдасан, кереналда цӏа-кан цӏикӏкӏуна, гьелде багӏарлъи рехула, керен кӏодолъула, моцӏу гьетӏула, гьелдаса би бачӏуна яги ругъун лъугьуна, къвалакье цӏуцӏдул рехула. Квералъ кващун, лъазе кӏола цо-кӏиго сантиметр кӏодолъиялъул рак, УЗИялъ бихьизабула кӏиго-лъабго миллиметр роценалъул рак. Кӏиго сантиметралъул кӏодолъиялде рак унти бахине ункъо-щуго сон бала. Гьединлъидал, щияй чӏужугӏадан щибаб соналъ халгьабизе онкологасухъе уней йигони, маммография ва УЗИ гьабулеб бугони, рак унти цудунго тӏатинабизе кӏола. Хехго тӏатарабгӏан сахгьабизеги бигьалъула.\n— Рак унти букӏиналде щаклъи ккедал, тӏоцебесеб иргаялда, чӏужугӏаданалъ щиб гьабизе кколеб?\n— Руччабазул 80 проценталда жидедаго тӏатуна каранда рак букӏин. Гӏемерисел лъугьуна гӏумруялдаса ракӏбуссун, хӏинкъун-риххун. Гӏадамазда лъазе бокьичӏого, унти бахчула, унти бугезда цӏехолдула. Тохтурасухъе ине хӏинкъун, гӏемераб заман гӏадада биччала. Рак унтиялда дагьабниги щаклъи ккани, чӏужугӏадан онкологасухъе екеризе ккола. Гьаб заманалъул къагӏидабазул кумекалдалъун, цудунго рак унти тӏатарал руччабазул 70-80 процент тӏубанго сахгьабизе кӏола. Рак унтиялда абула росасда хехго тӏатунеб унтийилан, гьединлъидал руччаби гьезухъги гӏенеккизе ккола.\n— Чӏужугӏаданалъ жийгоги, жиндирго гӏагарал руччабиги ракалдаса кин цӏунилел?\n— Каранда рак унти ккеялъе бугеб аслияб гӏилла жеги тӏубан лъалеб гьечӏо, гьединлъидал нилъго гьеб сахгьабизеян лъугьине бегьуларо. Россиялда щияй 100 азарго чӏужугӏаданалда гьоркьоса 50-ялъул, Дагъистаналда 31-ялъул каранда рак унти буго. Гьезда гьоркьоса Россиялда холей йиго 15, нилъер республикаялда 12 унтарай. Гьелдаса якъинлъулеб буго рак унти жакъа сахгьабизе кӏолеб букӏин.\n— Каранда рак унти ккарал ва гьелдалъун холел руччабазул къадар Россиялъул регионазда бугелдаса Дагъистаналда дагьаб букӏиналъе гӏилла щиб бугеб?\n— Дагъистаналда, чӏахӏиял чагӏаздаса, лъималазулги гӏолилазулги къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго, гьеб ккола республикаялда рак унти дагьаб букӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Нилъер республикаялда рак унти тӏатинаби ва гьелъул хъвай-хъвагӏай гьаби цӏакъго гӏодобегӏанаб даражаялда буго, хваравщинав чиги рекӏел унтиялъ, бидул тӏадецуялъ хванин абула. Каранда рак унти бугел руччабазул 70-80 процент унти мухӏкан гьабизе ва сахгьабизе Дагъистаналдаса къватӏире уна, ккарал хӏасилазул баянал гьениса нижехъе ритӏун рачӏунаро.\n— Рак унти цудунго тӏатинабиялъул мурадалда, кинал тадбирал тӏоритӏизе кколел?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, дица абила жалго бетӏергьанал клиникабазе гьукъун буго рак унтаби сахгьаризе, унтарал гьенире ине бегьуларо. Рак унти тӏатинабиялъе бищунго бигьаяблъун ва лъикӏаб хӏасил кьолеблъун рикӏкӏуна скрининговиябин абулеб программа гӏумруялде бахъинаби, ай гӏемерал сахал руччабазул халгьабиялъул тадбир. Гьелда гӏахьаллъизе ккола, бищунго гӏодобегӏанаб къадаралда, руччабазул 70 процент. Дагъистаналдайин абуни, жеги бажаричӏо гьеб тадбиралда 1,5 проценталдаса цӏикӏкӏун руччаби гӏахьаллъизарун. Гьеб тадбир тӏобитӏиялъе къваригӏуна УЗИ ва маммограф аппараталги, жалго бетӏергьанал клиникаби цӏех-рехалда гӏахьал гьариги. Ресал руго, амма жакъа гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи кагътидаго хутӏун буго.\n— Унти сахгьабиялъе гьаб заманалъул кинал къагӏидаби нужеца хӏалтӏизарулел?\n— Сахгьаби бараб букӏуна унтиялъул даражаялда, унтаралъул ригьалда ва гьелъул чорхолъ ругел цогидал унтабазда. Аслияб къагӏидаялда унти сахгьабула хирургиялъул кумекалдалъун. Хӏасилалъухъ балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-терапия, гормоно-терапия ва лучевая терапия. Жакъа къоялъул къагӏидабазул кумекалдалъун хирургаз жигар бахъула унтаралъул керен цӏунизе. Церетӏурал улкабазул хирургазухъа бажарула 95 проценталдасаги цӏикӏкӏун руччабазул, нахъе къотӏичӏого, керен цӏунун. Нилъер гьанибин абуни, гьелъул бицинего нечараб хӏал буго, хирургазухъа бажаруларо, цӏакъго дагьал руччабазул гурони, керен цӏунун.\n— Нужер гӏолареб жо щиб бугеб, сунца квалквал гьабулеб бугеб?\n— Квалквалал цӏакъ гӏемер руго. Рак унти бугезе онкологиялъул централъул диспансералда регизе буго кинабниги 200 койка, къваригӏуна 600-700 койка. Рак унтабазул киналго тайпаби сахгьарула цо специалистас. Цебего заман щун буго каранда рак бугел руччабазе хасаб отделение рагьизе. Унтаразе я койкаби, я дараби гӏолел гьечӏо. Гьединго къваригӏун буго специалистал Россиялъул ва къватӏисел улкабазул онкоцентразе цӏализе ритӏизеги. Республикаялъул онкологиялъул централда гьечӏо чӏужугӏаданалъул керен цӏунулеб къагӏидаялда пластикияб операция гьабун бажарулел хирургал.\nНури Нуриев"}
{"slug": "778-imam-rakialdeshchvezavuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=778-imam-rakialdeshchvezavuna", "title": "Имам ракӏалдещвезавуна", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏаруе хисичӏев, хиянат лъачӏев\nШамил имам накълулъаралдаса 147 сон тӏубана\nУнкъабилеб февралалда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам Шамил ракӏалдещвезавиялъул тадбир. Гьениве ахӏун ругьел бачӏиндал, ракӏалде ккун букӏана гьеб тадбир тӏобитӏизе миллияб библиотекаялъул зал гӏеларин, гӏадамаз занкӏун цӏун букӏинин. Амма гьенире дагьалго чагӏи гурого рачӏине гьечӏеблъи дидасаги лъикӏ гӏуцӏарухъабазда лъалеб букӏараб къагӏидаха, республикаялъул миллияб библиотекаялъул хъатгӏанасеб залцин цӏун букӏинчӏо гӏадамаз.\nДанделъи рагьулаго, гьелъул хӏакъалъулъ бицун, дагьав хъачӏго кӏалъана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовги. Гьесул рагӏабазда рекъон, гӏайиб киназдаго буго, ай тадбиралъул хӏаракатчагӏи, гӏуцӏарухъаби гьелде хӏадурлъизе кколаан жавабчилъиялда.\n«Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Гъайирбег Гӏабдулаевасул нухмалъиялда гъоркь чанго соналъ цебе гьадинабго тадбир лъикӏаб даражаялда тӏобитӏун букӏана «Гьудуллъиялъул рокъоб», ва балагьизе рачӏараз гьеб занкӏун цӏунги букӏана, программаги букӏана бечедаб», — анги абун, Мухӏамад Мухӏамадовас докладгун цеве вахъине рагӏи кьуна ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул востоковедениялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан Гӏабдулмажидовасе. Гьесин абуни бицана Шамил имамас гьарурал реформабазул, имамасда сверухъ рукӏарал наибзабазул, муридазул ва Кавказалъул имаматалъул багьадурзабазул хӏакъалъулъ.\nТарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Хӏажимурад Доногъоца ракӏалдещвезабуна Ахӏулгохӏда ккараб рагъул кьогӏлъи, бицана гьениб имамасул аскаразе ккарал камиязул, лъимал, херал, руччаби тушбабазда данде къеркьараб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ. Тарихчиясул рахӏатхвезабун бугоан «Ахӏулгохӏ» мемориалияб комплексалда ран ругел гӏурус пачаясул, солдатазул суратаз.\n«Мемориалияб комплекс рагьиялда данде вугев чи дун гуро, амма щибаб жоялъул букӏуна гӏорхъи-рахъ ва, нилъеца щиб бицаниги, бидулъ къаламги ччун, хъвараб тарих хисуларо. Комплекс рагьиялъул тадбиралда нилъер церехъабазул кӏалъаяздасаги дун рази гьечӏо», — ян абуна гьес.\nМухӏамад Мухӏамадовас абухъе, Доногъоца бицунеб цо рахъалъ битӏараб буго, тарих хисизабун лъихъаго бажаруларо. Амма гьудуллъиялъул кьоял лъезе бегьуларин абун хъвараб бакӏги кибго гьечӏо. Гьеб комплекс рагьиялъул аслияб мурадги, гьесул пикруялда, гьединаб буго.\nУнсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, Ахӏулгохӏда дагьаб цебе хӏалтӏизе биччараб мемориалияб комплекс эхети ккола цӏакъ ургъун гьабураб иш.\n«Нилъеда лъала Ахӏулгохӏалъул тарих, Дагъистаналъул халкъалъе кигӏан захӏматаб заман гьеб букӏарабали. Амма жакъа республикаялъул гӏадамазе чара гьечӏого хӏажат буго рекъел, хасго Россиялъул киналго миллатазулгун. Ахӏулгохӏда бугеб комплексалъ рес кьолеб буго цадахъаб нилъер къварилъи ракӏалдещвезабизе ва гьелъие битӏараб къимат кьезе. Рукӏа абе гьенир жанир гӏурус пачаясул ва генералзабазул суратал, гьеб гуро аслияб жо, аслияблъун ккола нилъеда нилъералго кӏочонгутӏи ва рекъел тӏибитӏизаби», — ян абуна районалъул бетӏерас.\nДанделъиялда кӏалъазе рахъана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Денга Халидов, гӏалимчи Камил Ланда, Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасанов, Гьандихъ росдал школалъул директор Мухӏамад Гъазалиев, Тӏолгороссиялъул «Лъагӏалил учитель — 2013» конкурсалъул лауреат Ахбердило Ахбердилов ва цогидалги.\nГенуб гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз данделъаразда бихьизабуна Шамилица жиндирго вас Жамалудин гӏурусазухъе аманаталъ кьолеб ва гьев тӏадвуссун вачӏунеб сценка.\nАхиралда «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас Шамил имамасул ирс цӏуниялъе гьабулеб хӏалтӏухъ цо-цоязе баркалаялъул кагъталги кьуна.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "780-s-kusova-soldatasul-shinel-retiarav-general", "url": "https://hakikat.info/?nationals=780-s-kusova-soldatasul-shinel-retiarav-general", "title": "С. Кусова: «Солдатасул шинель ретӏарав генерал»", "date": "2018-02-09 00:00:00", "categories": ["barkiyal"], "text": "1 февралалда Москваялда кӏодо гьабуна Гӏали Камаловасул юбилей\nТӏоцебесеб февралалда Москваялда Журналистазул рокъоб, кӏодо гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель ва Россиялъул Журналистазул союзалъул секретарь Гӏали Камаловасул 70-сонилаб юбилей.\nГьеб тадбир гӏуцӏун букӏана Россиялъул Журналистазул союзалъул, Централияб федералияб округалда бугеб Дагъистаналъул Дармил вакиллъиялъул, РФялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъиялъул ва Россиялъул Халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул хӏаракаталдалъун.\nЮбилярасда баркигун кӏалъазе рахъана Пачалихъияб Думаялъул информациялъул политикаялъул, информациялъул технологиязул ва бухьеназул комитеталъул председатель, Россиялъул Журналистазул союзалъул секретарь Леонид Левин, РФялъул президентасул гӏакълучи, РФялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цӏуниялъул ва жамгӏият цебетӏеялъул советалъул председатель, Россиялъул Журналистазул союзалъул секретарь Михаил Федотов, Россиялъул Журналистазул союзалъул председатель Владимир Соловьев, Россиялъул Журналистазул союзалъул хӏураматияв председатель Всеволод Богданов, Каспий регионалда ругел улкабазулгун экономикаялъул ва гуманитариял гьоркьорлъабазул Россиялъул президентасул хасав вакил Рамазан Гӏабдулатӏипов, РФялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъиялъул нухмалъулей Изумруд Мухӏутдинова, Централияб федералияб округалда бугеб Дагъистаналъул Дармил вакиллъиялъул нухмалъулев Мухӏамад Сайгидов ва цогидалги. Гьанибго абилин, юбилярасул адресалда бачӏана Дагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасул баркиялъулаб телеграммаги.\nДанделъиялда юбилярасе кьуна гӏемерал шапакъатал ва сайгъатал, гьезда гьоркьоб букӏана Пачалихъияб Думаялъул рахъалъан Хӏурматалъул грамотаги.\nДанделъиялдаса хадуб «Россия – киназего» абулеб интернет-порталалъул мухбиралъ гара-чӏвари гьабуна Россиялъул Журналистазул союзалда цебе гӏуцӏараб СМИяздасан рорхулел миллиялгун диниял масъалабазул централъул нухмалъулей Сулиета Кусовалъулгун.\n«Гӏали ккола солдатасул шинель ретӏарав генерал. Гьес тараб захӏматаб нух тезе, гьес хӏехьараб хӏехьезе – бигьаяб иш гуро. Бигьаяб иш гуро — гулбузул ва кьвагьиялъул гьаркьихъе хӏалтӏизе. Рахӏат толеб гьечӏо гьесул ракӏалъе журналистал чӏваялъул хӏужабаз. Къокъабго заманалда жаниб свана 19 журналистасул гӏумру. Гӏакълу цӏубарал журналистал чӏвана республикаялда – гьелъги бицуна республикаялда бугеб рагӏул багьа. Магӏна гъваридаб рагӏул багьаялъул къимат лъала Камаловасда, гьес кидаго рахъккола битӏараб рагӏи абизе нахъе къаларесул. Гьединал гӏадамал къваригӏун руго жакъа.\nРакӏбацӏцӏалъи ва журналистасул рагӏуе ритӏухълъи – гьеб хираго чӏана Дагъистаналъе – гьебго бихьулеб буго дида Камаловасулъги. Гьев ккола политикги, жамгӏияв хӏаракатчиги, сугъулдерил жамагӏаталъул гӏадатияв чиги. Гьес кинабго хӏалтӏи гьабула гӏакъилав пачалихъияв инсанас гӏадин.\nАбизе ккола, нилъеца гӏицӏго гьавураб къо гуро кӏодо гьабулеб букӏараб Гӏалил, жакъа Москваялда кӏодо гьабулеб букӏана политикияв хӏаракатчиясул ва Дагъистаналъул вакиласул юбилей. Жакъасеб данделъиялъ бихьизабуна регионаздаса журналистал цере рукӏин федералиял журналистаздаса. Щайин абуни, Кавказалъул журналистал руго халкъалде гӏагарал, гьезулъ цӏикӏкӏун буго ракӏбацӏцӏалъи. Батӏалъи гьечӏо — журналистал, гӏалимзаби, политикал – киналго цо федералияб майданалде данделъичӏони, нилъер улкаялда вацлъиялъулаб миллияб политика букӏине гьечӏо.\nНилъ гьабсагӏат рикь-рикьун руго, нилъер гьоркьорлъаби кьватӏелазул цӏун руго. Гӏали гӏадал гӏадамаз кӏудияб хӏаракат бахъулеб буго гьел кьватӏелал седезе, миллатазда гьоркьоб гьуинлъи бекьизе. Гьаб данделъиялъги бихьизабулеб буго Россиялъул рес букӏин унго-унголъунги гъункараб улкалъун лъугьине. Гьелъие гьодорал гурел, Гӏали гӏадал камилал, кьучӏал гӏадамал хӏажат руго», — ян абуна гьелъ.\nОфициалияб бутӏаялдаса хадур ахӏана магӏарул кучӏдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби.\nПатӏимат Расулова,\n«Россия – киназего» абураб интернет-порталалъул мухбир"}
{"slug": "797-rakhdal-matsial-ul-k-oyalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=797-rakhdal-matsial-ul-k-oyalde", "title": "Рахьдал мацӏалъул къоялде", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Миллияб адабият цӏунулеб аслияб китабхана\nЛъималазе рахъулел тӏахьазул тираж дагьаб букӏуна, гьел хираго чӏолел рукӏиналда бан\nЛатин мацӏ бицунел гӏадамал тӏагӏаниги, гьеб цӏунун хутӏана. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьеб мацӏалда гӏелмиял тӏахьалги художествиял асаралги рахъун рукӏин. Рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул (ДКИ) директор Марям Гӏумаровалъ.\n— Ахираб заманалда гӏемер бицуна, миллияб мацӏалда газеталги журналалги рахъизе хӏажат гьечӏин, гьел электронияллъун гьаризе заман щун бугин абун. Дур пикру кинаб бугеб?\n— Хӏакъикъаталдаги, гӏемер бицунеб буго мацӏал цӏунизе кколин. Амма гьеб харбил хӏасилго бихьуларо. Миллиял басмабазул масъалабиги, цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулелго гьечӏо.\nМисалалъе, босилин тӏахьал рахъи. Республика тун къватӏирехун лъица рахъизе ругел тӏахьал дагъистаниязул мацӏалда? Лъихъа бажаризе бугеб гьел хӏадурун? Кин цӏунилеб мацӏ, гьеб мацӏалда тӏахьал рахъулел гьечӏони? Гьединлъидал Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялде бугеб бербалагьиялъго бицуна нилъер хӏукуматалъул гьелде бугеб балагьиялъул. Миллиял мацӏазда тӏахьал рахъи буго гьел миллатазул маданиябги рухӏиябги нахърател цӏуни гуребги, мацӏал цӏуниялъе квербакъиги. Гьел мацӏазда тӏахьал рахъиги бащалъула нилъер хъвадарухъабазулги шагӏирзабазулги адаб ва къимат гьабиялда.\nДагъистаналъул хъвадарухъабазул рес гьечӏо жидерго гӏарцухъ тӏахьал рахъизе. Хъварал тӏахьазухъ гьезие кьола мукъсанаб гонорарги. Пачалихъияб басмаханаялда хъвадарухъабазул асарал рахъулел гьечӏони, лъикӏаб даражаялъул миллияб адабият тӏагӏине буго.\n— Лъагӏалида жаниб чан тӏехь бахъулеб миллияб мацӏалда?\n— Ахирал соназда пачалихъалъул кумек дагьлъана. Гьединлъидал рахъулел тӏахьазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. 2014 соналда басмаялда бахъана 78 тӏехь, 2015 соналда – 59, 2016 соналда – 40 ва 2017 соналда – 20. Ракӏалда буго исана 60 тӏехь бахъизе.\n— Гьезда гьоркьоб чан тӏехь букӏине бугеб магӏарул мацӏалда?\n— Нижер буго гӏемерал соназ тӏатӏалаго риччалел тӏахьазул сериял: «Дир гьитӏинаб ватӏан», «Дагъистаналъул халкъал», «Машгьурал дагъистаниязул гӏумру», «Дагъистан: заман ва къисматал», «Дагъистаналъул лирикал: классикалги гьанжезаманалъул авторалги», «Ирс» ва гь.ц. Ракӏалда буго, Цӏадаса Хӏамзатилги, Расул ва Хӏажи Хӏамзатовазулги байрамазда бан, «Дир гьитӏинаб ватӏан» абураб сериялда, Цӏадаса Хӏамзатил «Цӏада, мун дир кини» абураб тӏехь бахъизе. Рахъизе руго шагӏирзаби-юбиляразул тӏахьал. Гьезда гьоркьоб – Хӏажи Гъазимирзаевасул мажмугӏги.\n— Школазда хутӏунго гьечӏо миллиял мацӏазда лъималазе хъварал асарал…\n— Лъималазе тӏахьал рахъизе тӏадаб гьечӏо нижеда. Дагучпедгиз къаралдаса нахъе лъималазе асарал басмаялде рахъунгутӏи хӏисабалдеги босун, нижеца хӏаракат гьабула цо-цониги тӏахьал рахъизе.\n2018 соналда байбихьизе буго «Дагъистаналъул цӏалдохъанасул серия». Рахъизе руго Дагъистаналъул классиказулги, гьанжезаманалъул авторазулги халкъиялги асарал. Масала, «Дагъистаналъул халкъияб эпос», «Гӏакълуялъул дандерижи» абураб магӏарул биценазул мажмугӏ. Амма лъималазе рахъулел тӏахьазул тираж дагьаб букӏине буго, щайгурелъул гьел хираго чӏола. Гьезда рукӏине ккола берцинал ва кьер-кьерал сураталги, чӏахӏияб шрифтги, цогидал хаслъабиги. Гьелъие хӏажалъула гӏемер гӏарац."}
{"slug": "798-tsadakh-ab-dandel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=798-tsadakh-ab-dandel-i", "title": "Цадахъаб данделъи", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Вацлъиялъул кьоял\nДагъистаналъулги Турциялъулги лъарагӏазул мажлис\nЯнваралъул ахиралда Анкараялда тӏобитӏана Тӏолгодунялалъул турказул мажлис. Гьеб гӏуцӏана TURKSOY абураб Турказул маданияталъул халкъазда гьоркьосеб гӏуцӏиялъ.\nРехсараб мажлисалда кӏодо гьаруна «Ёлдаш» абураб Дагъистаналъул республикаялъулаб газеталъулги «Тангчолпан» абураб журналалъулги 100-сонилал ва Зайнулгӏабид Батирмурзаев гьавуралдаса 120 сон тӏубаялъул байрамалги. Турциялде ун рукӏана Дагъистаналъул вакилзабиги: «Ёлдашалъул» бетӏерав редактор Камил Гӏалиев, «Тангчолпаналъул» бетӏерай редактор, лъарагӏазул шагӏир Супянат Мамаева, «Кавказалъул лъимал» абураб кьурдул ансамблялъул нухмалъулелги солисталги, Лъарагӏ театралъул директор Скандарбек Тулпаровги бетӏерав режиссер Гӏусман Ибрагьимовги.\nТурциялъул Анкараялдаги Кастамонуялдаги рукӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ республикаялъул СМИязул журналистазе бицана «Ёлдашалъул» бетӏерав редактор Камил Гӏалиевас. «Анкараялъул къватӏазда киса-кирего чӏван рукӏана Батирмурзаевасул байрамалде хӏадурарал игӏланал. Кастамону шагьаралда тӏобитӏана рахьдал мацӏги маданиятги цӏуниялъул бицараб дандеруссин. Ниж къабул гьаруна урхъарал гьалбал гӏадин. Гьениб гӏумру гьабулел турк мацӏазул вакилзабазул рахьдал мацӏалдеги маданияталдеги бугеб бербалагьиялда рухӏдаллъизе бачӏуна. Абизе бегьула, гьенир гӏуцӏарал тадбиразда цӏикӏкӏарасеб бакӏ кьунин лъарагӏазул маданияталъе. Ниж ватӏаналде тӏадруссана турказул халкъазул цолъиялъги гъункиялъги асирги гьарун», — ан бицана гьес.\nТурциялъулги Дагъистаналъулги басмабазул ва маданиял идарабазул цадахъал тадбирал гӏуцӏизе къотӏиялги гьаруна Анкараялда.\nГьумер хӏадур гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "799-tokalda-sverukh-khialutsin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=799-tokalda-sverukh-khialutsin", "title": "Токалда сверухъ «хӏалуцин»", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Дагъистаналда байбихьун буго токалъул мухъазул магӏишат рукӏалиде ккезабизе\nДагъистаналда гьитӏинабниги кӏудиябниги 11 гидроэлектростанция (ГЭС) бугониги, республика, букӏине кколедухъ, токалдалъун хьезабиялъул иш цӏакъго хашаб хӏалалда буго. Жакъа, мисалалъе, бокьараб росу, шагьар босаниги, бихьизабураб къадаралда, ай 220 кВт токалъул кьолеб бакӏ къанагӏат гурони гьечӏо. Хасго хасало гьелъул къуват загӏиплъула, гӏемерисеб мехалда 160-180 кВтялде гурони токалъул хӏалуцин бахунаро. Хӏатта тахшагьаралдацин дагьабниги гьури бахъани ялъуни гӏазу-цӏад бани, гӏемер ккола ток свинабиялъул хӏужаби. Республикаялъул газетазулгун журналазул издательствоялдацин гьеб свинабичӏеб къо къанагӏатги букӏунаро. Токалъул идарабазул нухмалъиялъин абуни гьелъие гӏиллалъун бачуна токалъул мухъал басралъун рукӏин, гӏемертӏалаял минаби ралел рукӏин ва гьелъул хӏасилалда трансформаторазул къуват гӏолеб гьечӏолъи. Палхӏасил, букӏине кколедухъ хӏалтӏи гьабизе гӏарцул мукъсанлъи букӏин. Гьеб гӏунгутӏиялъе гӏиллалъунги бихьизабула гӏадамаз ва батӏи-батӏиял гӏуцӏабаз заманалда бухӏараб токалъухъ гӏарац кьолеб гьечӏолъи ва гьеб вахӏшиго бикъулеб букӏин. Гьайгьай, гӏарац кьоларелги ратила, амма халкъалъул цӏикӏкӏарасеб къадаралъ гьеб кьолеблъи хӏакъаб буго. Амма бикъулеб бугищин абуни, буго. Бикъулеб буго кӏовухъе, рес кканщинас. Щибха гьабизе кколеб? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго, Дагъистаналъул энергосбыталъул компаниялда бицухъе, 2017 соналда 2,3 миллиард гъуршил налъи букӏун буго токалдаса пайда босулезда хадуб. «Гьединлъидал ниж хӏажаталлъун кколел руго ток къотӏизабизе ва налъулал тамихӏалде цӏазе. Гьединал ишал гьаризе байбихьидал, 505 миллион гъуруш бакӏаризе кӏвана, ай 26 азаргогӏанасев налъулас налъи бецӏана», — ян бицана рехсараб компаниялъул пресс-хъулухъалда. Гьебго заманалда РФялъул генералияв прокурорасул заместитель Иван Сыдорукил рагӏабазда рекъон, дагъистанияз токалъухъ 40 миллион гъуруш цӏикӏкӏунцин кьун рагӏула. Лъида божилелали лъаларо. Палхӏасил, гьеб гӏомо бичиялъул мурадалда, Дагъистаналде вачӏун вуго «Россетазул» 200-гӏанасев специалист. Россиялъул регионаздаса вачӏарав 38 прокурорасдаго хадур рачӏарал токалъул махщелчагӏаз лъазабизе буго республикаялда гьеб рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏал. Дагъистаналъул сетазул компаниялда бицухъе, мугӏрузул улкаялде рехараб гьеб «десанталъ» халгьабизе буго республика токалдалъун хьезабиялъе щиб хӏажат бугебали ва гьединго загьир гьарила гӏунгутӏабиги.\n— Улкаялъул батӏи-батӏиял электросетазул компаниязул махщалилаз байбихьун буго гӏадада ток хвезабиялъе гӏайибияллъун рикӏкӏунел цо-цо фидеразул цӏех-рех гьабизе. Гьелъул хӏасилалда баянлъизе буго цӏуна-къан ток хӏалтӏизабиялъе гьаризе кколел хӏалтӏаби ва тӏатинаризе руго ток бикъулелги. Бищунго аслияб жо, гьеб киналъулго хӏасилалда авариял ккей дагь гьабиялъе нухал ратизе ва букӏине кколедухъ токалдалъун халкъ хьезабизе квербакъизе буго, — ян бицана Дагъистаналъул сетазул компаниялда.\nГьединаб куцалда техникияб аудит тӏобитӏизе буго бищун гӏемер квалквалал дандчӏвалел ва гӏемерал масъалаби ругел бакӏаллъун рикӏкӏунел Махӏачхъала шагьаралда, Буйнакск, Гъарабудагъкент ва Сергъохъала районазда. Гьел руго бищун гӏемер, ай 25 проценталъниги гӏадада ток хвезабулел бакӏал. Гьединго, республикаялда руго бетӏергьанчи гьечӏел токалъул мухъалгиян бицана Дагъистаналъул сетазул компаниялъул пресс-секретарь Александр Дудченкоца. Гьезул гӏемерисел руго рехун тун, чара гьечӏого рукӏалиде ккезаризе кколеб хӏалалда. Гьезулги иш низамалде бачине буго Дагъистаналде рачӏарал токалъул махщелчагӏаз.\nХӏабиб Мухӏамадов"}
{"slug": "800-dag-istanalda-raze-kkola-giisinal-gesal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=800-dag-istanalda-raze-kkola-giisinal-gesal", "title": "Дагъистаналда разе ккола гӏисинал ГЭСал", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Ругел ресаздаса пайда босунгутӏиялъ 25-30 млрд гъуршил зарал кколеб буго республикаялъе\n14 февралалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана Россиялъул промышленниябгун инвестициялъулаб фондалъул вице-президент Хӏажи Хӏажиевасулгун ва Дагъистаналъул энергетикиял компаниязулгун журналистазул дандчӏвай. Пресс-конференциялда гьез бицана Дагъистаналда энергетикаялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Хӏажи Хӏажиевас бицана республикаялда энергетика цебетӏеялъе ругел ресазул ва гьездаса босулеб гьечӏеб пайдаялъул хӏакъалъулъ.\n— Дица чанго кагъат хъвана Москваялде Дагъистаналъул энергетикаялда гьабулеб хӏалтӏи дагъистаниязухъ тейилан. Амма жакъа къоялдеги гьелъул щибго хӏасил ккечӏо. Гьелдаго цадахъ цӏогьги камулеб гьечӏо. Нилъерго гьанир ГЭСал ругониги, гӏадамал токалдалъун хьезариялъул суал захӏматаблъун хутӏулеб буго. Гьединго Дагъистаналда кӏудиял ГЭСАл раялъул хӏасилалда экологияб рахъалъул суалалги гӏемерлъулел руго. Ругел ресаздаса пайда босунгутӏиялъул хӏасилги ккола санайил щвезе кколеб 25-30 млрд гъуршил зарал кколеб букӏин. Дагъистаналда разе ккола гӏисинал ГЭСал. Гьелъие нилъер ресалги руго. Гидроэнергетика цебетӏолеб бугони, гӏадамазе ток гӏунгутӏиялъул суал роцӏинабун бажарула, — ян бицана Хӏ. Хӏажиевас.\nГьединго гьес абуна энергетикаялда гьабулеб хӏалтӏи лъалел ва бичӏчӏулел специалистал ругони, хӏасилалги лъикӏал ккезе ругин. Къваригӏун ругила гьеб бутӏаялда хӏалтӏизе махщел камилал гӏадамал.\nИзамудин Жанбулатовасеги кьолел рукӏана гӏадамал токалдалъун хьезариялъул хӏакъалъулъ суалал. Масала, журналистаз гьесда цӏехана токалъухъ гӏарац бакӏариялъул ва гӏадамазе гӏарац бакӏарулез гьабулеб бугеб квалквалалъул хӏакъалъулъ.\nГьес абуна гьел идарабазда ракӏбацӏцӏадал гӏадамал хӏалтӏулел рукӏаралани, иш некӏого рукӏалиде ккун букӏунаанин. Гьединго Изамудин Жамбулатовас бицана республикаялъул энергетика цебетӏеялъе гьарулел ругел хӏалтӏабазулги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "801-pajdayal-bukhenal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=801-pajdayal-bukhenal", "title": "Пайдаял бухьенал", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъабго проект бихьизабуна\n15-16 февралалда Сочиялда тӏобитӏана\nРоссиялъул инвестициязул форум\nГьелда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновги, ДРялъул хӏукуматалъул тӏоцевесев министрасул ишал тӏуралев Рамазан Гӏалиевги, ДРялъул экономикаялъулги территориалияб цебетӏеялъулги министр Гӏусман Хасбулатовги, ДРялъул предпринимательствоялъулги инвестициязулги агентствоялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Башир Мухӏамадовги.\nФорумалда гӏахьаллъана РФялъул премьер-министр Дмитрий Медведевги. Гьениб цебелъуна Дагъистаналдаса лъабго инвестициязулаб проект: «Каспийск» ТОСЭР гӏуцӏиялъулги, «Макьасда» курортги, «Каспий Плаза» абураб гостиницабазул комплекс баялъулги.\nГьел проектал лъун рукӏана Россиялъул Кавказалъул ишазул министерствоялъул цолъизабураб стендалда. Гьезухъ балагьизе щвана Артём Здуновги. «Каспийск» ТОСЭР проект гӏумруялде бахъинабиялдалъун кьучӏдасанго хисизе буго шагьаралъул экономика. Гьениб букӏине буго 3000 чиясе хӏалтӏизе бакӏ. Шагьаралде бачӏине буго 17 млрд гъуруш инвестициязул.\nКаспиялъул рагӏалда базе буго гостиницаялъулаб комлекс. Гьелда гьоркьобе уна 460 рукъалъул 16 тӏала бугеб гостиницаги, ракьулъ жаниб гьабураб автостоянкаги, ательеги, тренажеразул залги, цо чанго бассейнги, ресторанги, клубги, фитнес-СПАги, конференц-залалги, футболалъулги, баскетболалъулги, кӏудияб теннисалъулги спортивиял майданалги, катеразул стоянкаги.\n«Макьасда» абураб проекталда рекъон, Хунзахъ районалда базе буго курорт. Гьенир гӏуцӏизе руго гьалбадерие санагӏатал шартӏал.\nАртём Здуновас лъикӏаб къимат кьуна форумалда церелъурал Дагъистаналъул фермеразги ва жалго бетӏергьанал предприятиязги хӏадур гьарурал кванил нигӏматазеги.\nАртем Здунов гӏахьаллъана батӏи-батӏиял данделъабазда. Гьенирго гьаруна республикаялъул цебетӏеялъе кӏвар бугел къотӏиялги. Масала, ДРялъул предпринимательствоялъулги инвестициязулги агентствоялдаги, Татарстаналъул машинаби ралеб кластералдаги, «ИННОКАМ» абураб «Камскалъул инновациязулаб территориалиябгун производствоялъулаб кластер. Коммерциялъулаб гуреб партнерство» абураб ассоциациялдаги гьоркьоб.\nКъойил – цо миллиард гъуруш\nДагъистаналъул цӏияб хӏукумат гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ бицана\nДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна премьер-министр Артем Здуновасги. Гьениб бицана цӏияб хӏукумат гӏуцӏизе бугеб къагӏидаялъул.\nАртем Здуновасул пикруялда, цо-цо министерстваби цолъизаризе руго. «Экономикаялдаги финансаздаги хадуб кьварараб низам букӏине ккола – гьел кӏиялго рахъазул жавабчилъи тӏадкъазе ккола ДРялъул хӏукуматалъул председателасда. Гьебмехалда гьел хъулухъазда тарал хӏакимзаби берзукь рукӏина. Лъикӏаб букӏина, вице-премьерасулги министрасулги хъулухъ цого чияс тӏубаниги – гьелъги цӏикӏкӏинабила жавабчилъи. Республикаялъул бюджеталъул хайиралъулаб бутӏа цӏикӏкӏинабизе ккола. Дир пикруялда, вукӏине ккола хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель – гьеб рахъалъ жавабчилъи тӏалъула гьесда. Бюджеталъул хайиралъулаб бутӏа цӏикӏкӏани, гӏемерисел социалиял масъалаби тӏуразе бигьалъила», — ян бицана Артем Здуновас.\nВладимир Васильевас рехсарал пикрабазул рахъккуна. Гьес ракӏалдещвезабуна, Татарстаналдаги Здуновас гьедин гьабулеб букӏараблъи ва «гьабсагӏаталда гьениб щибаб къоялъ бакӏарула налогазул цо млрд гъурушинги» абуна гьес.\nЭкономика\nТохтурзабазе харжал цӏикӏкӏинаруна\nУнтаразе дарабиги хӏалтӏухъабазе мухьги\nзаманалда кьезе ккола\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовги, парламенталъул вице-спикер Елена Ельниковаги, сахлъицӏуниялъулги социалияб политикаялъулги комитеталъул председатель Висампаша Хангӏалиевги, депутатал Лейла Керимовги ва Зумруд Бучаеваги щвана Махӏачхъалаялъул №6 поликлиникаялде. Гьезда цадахъ вукӏана ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул тӏоцевесев заместитель Ферзуллагь Хӏабибулаевги. Гьез халгьабуна поликлиникаялъул, гара-чӏварана унтаралгунги медицинаялъул хӏалтӏухъабигунги.\nГьабсагӏаталда рехсараб поликлиникаялда вуго 57 тохтурги 73 медсестраги. Цо сменаялда гьезухъе вачӏуна 300-гӏанасев унтарав. Хӏалтӏизабулеб буго тохтурасухъе иргаялда цӏар хъвалеб электронияб къагӏидаги.\nЯнваралъул харжалъул аванс гурони кьечӏо жеги тохтурзабазе. Ферзуллагь Хӏабибулаевас абуна, 15 февралалда гьезие щвезе бугин цӏикӏкӏинабураб харж: тохтурзабазе 40 азаргогӏанасеб гъуруш ва медсестрабазеги санитаркабазеги – 20 азарго."}
{"slug": "805-umumuze-ritiukh-all-un-rukiinin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=805-umumuze-ritiukh-all-un-rukiinin", "title": "Умумузе ритӏухъаллъун рукӏинин", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Анкьабилеб февралалда Агъвали росдал маданияталъул кӏалгӏаялъуб тӏобитӏана районалъул гӏолилазулгун студентазул данделъи\nДанделъиялда гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул Гӏолилазул ишазул министерствоялъул, республикаялъул муфтияталъул, «Ас-салам» басмаялъул, цо-цо жамгӏиял идарабазулгун цолъабазул вакилзабаз, районалъул нухмалъиялъ, студентазгун интеллигенциялъ ва Агъвали росдал гимназиялъул цӏалдохъабаз.\n«Районалъул гӏолилазе патриотикияб тарбия кьей ва динияб экстремизмалде дандечӏей» абураб суалгун кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас кӏварбуссинабуна жакъа пачалихъалъ кьучӏ щулияб жамгӏият гӏуцӏиялде ва гьеб гӏуцӏиялъулъ гӏолохъанаб гӏелалъул жигарчилъиялде кӏварбуссинабулеб букӏиналде.\n— Районалъул гӏолилазул ишазул отделалъе, Махӏачхъалаялда бугеб цӏумадисезул гӏолохъабазул цолъигун цадахъ хӏажат буго социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезабиялъул программаби гӏуцӏун, хӏукуматалъул грантал щвеялъе къеркьезе. Кӏинусгогӏанасев студент вуго Дагъистаналъул ва Россиялъул регионазул тӏадегӏанал цӏалул идарабазда цӏалулев. Гьеб буго нилъер къуват. Руго росу-ракьги улкаги дунялалдаго рагӏизабурал спортсменалги. Бахӏарчиял умумузул цӏар борхатго, къадру-къиматалда цӏунизе ккола нилъеца, — ян абуна А. Вечедовас.\n— Ватӏан бокьи иманалдаса кколин буго хӏадисалда, — ян байбихьана гӏолилаздехун вагӏза-насихӏатгун кӏалъазе вахъарав Агъвали мажгиталъул имамасул заместитель Шамил Хӏажиевас. — Ватӏаналде рокьи, эбел-эмен разилъи, жамгӏияталъе пайдаяб лъай тӏалаб гьаби — гьеб ккола нилъеда Аллагь разилъи. Шамилица киналго ахӏана, кинаб хъулухъалде кканиги, гӏадамазе ва жамгӏияталъе пайдаяллъун, Аллагь рехсолеллъун ва Аварагасул нух кколеллъун рукӏине.\nДРялъул муфтияталъул республикаялъул мугӏрузулаб территориалияб округалда вугев вакил Хӏасан Мухӏамадовас бицана щивав чияс лъай тӏалаб гьабизе кколеблъиялъул. Динги дунялги цадахъ бачине кколеблъи бичӏчӏизабулаго, гьес гӏолилал ахӏана цадахъ рекъон хӏалтӏизе, вацлъиялда рукӏине, тӏад вугев хӏакимасе квербакъи гьабизе.\nДагъистаналъул бетӏерас гьабулеб политикаялъул цӏумадисезги рахъкквезе букӏиналда божилъи загьир гьабуна терроралде дандечӏараб республикаялъулаб комиссиялъул мугӏрузулаб территориалияб округалда вугев вакил Сайпудин Сайповас. Гӏолохъабазде хитӏаб гьабулаго, гьес киналго ахӏана намус бацӏцӏадаллъун рукӏине, шаргӏалъги къануналъги гьукъаралдаса рикӏкӏад чӏезе.\n— Нилъерго тарих лъазе ккола гӏолилазда ва бичӏчӏизе ккола бахӏарчилъиялъе бакӏ кибго ва кидаго букӏунеблъи. Дунялалъул хӏисаб гьабун, нусил бутӏалъун кколеб Дагъистаналъе кьечӏеб «нигӏмат» гьечӏо Аллагьас, хӏатта салул авлахъалде гӏунтӏунцин. Дунялалдаго лъаялъул къебелъилъун рикӏкӏуна Дагъистан. Мадрасабазулги халкъалъулги хӏисаб гьабун, дагъистаниязул лъай цебетӏураб бугин европаялъулазде дандеккунилан абун буго кӏинусгогӏан соналъ цебе этнограф Петр Усларица. Гӏалимчи Гӏабдурахӏман Ансарил тӏехьги цӏалун, Мадина шагьаралъул тарихалъул музеялъул директор, гӏалимчи Гӏабдулбасирица абун буго дагъистаниял кколин диниял гӏелмабазул, тарбия-лъай кьеялъул рахъалъ цогидазе мисалияб халкъ, цохӏо гьаб тӏехь цӏаларасда гьеб якъинго бихьизеги бугин. Нилъеда нахъа руго дунялалдаго цӏар рагӏарал бахӏарчиял нилъер умумул. Гьезие ритӏухъаллъун рукӏинин нилъги, — ян кӏалъана республикаялъул АТКялъул экспертазулаб советалъул член Микагӏил Микагӏилов.\nДанделъиялъул ахиралда районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас баркалаялъул кагъталгун гӏарцулал сайгъатал кьуна цӏалулъ ва спорталъулъ тӏокӏлъи бихьизабурал студентазе.\nХадижат Залимханова"}
{"slug": "806-kiudiyasul-barakat-kamun-nil-khutiugegi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=806-kiudiyasul-barakat-kamun-nil-khutiugegi", "title": "Кӏудиясул баракат камун нилъ хутӏугеги", "date": "2018-02-16 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "75 сон тӏубана накъшубандиябгун шазалияб тӏарикъатазул устар Гӏабдулжалил-апанди гьавуралдаса\nГӏабдулжалил-апанди гьавуна 1943 соналда, Буйнакск районалъул Тӏаса Хъараниб росулъ, Гӏумаханил хъизамалда. Гьитӏинго загьирлъана гьесул гӏадатияб гуреб гьунар ва бегӏерлъи. Школалда цӏалулеб мехалдаго, класс гьоркьоб тун цеве вачиналъги хадуб медицинаялъул училище, цинги медицинаялъул институт тӏокӏлъиялда лъугӏизабиялъги бицуна гьесул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ.\nАбула, вали вугеб икълималдасаго балагь-къварилъи нахъе босулин, Аллагьасда цебе гьесул бугеб макъам-даражаялъе гӏоло. Вализабазул хӏакъикъияб макъам гьел гӏадиназда гурого лъаларо.\nДоб захӏматаб, коммунист партиялъул гуч бугеб ва гьеб диналде данде багъулеб мехалъго гьес, балъго цӏалун, тӏубазабуна шаригӏаталъул гӏелму. Гьесул гӏелмудал устар вукӏана машгьурав гӏалим Кудалиса Рамазанил Мухӏамад. Гьевги вукӏана Мухӏамадгӏарип-апандиясул ва Сагӏадухӏажиясул Мухӏамад-апандиясул божарав чи.\nБатӏияб росулъ тохтурлъун хӏалтӏулев Гӏабулжалилил рацӏцӏалъигун тӏокӏлъи лъана Бакълъухъа Кӏудиясда ва, аскӏове гӏагар гьавун, жинцаго рухӏияб тарбия кьун, устарлъиялде хӏадурана.\nГьев лъалез абула Гӏабдулжалил-апанди, битӏахъе Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) заманалдаса восун, гьале, гьадинав вукӏине кколин муъминчиян нилъер заманалде виччарав гӏадав чи вугилан.\nИнституталда цӏалулеб мехалъго, Инхоса Гӏабдулхӏамид-апандиясухъа тӏоцебе вирд босун, тӏарикъаталде лъугьана гьев. Гӏабдулхӏамид-апандиясдаги бичӏчӏана гьесул щив вахъине вугевали ва, студент вугониги, цӏакъ цеве гьавуна. Гӏабдулхӏамид-апандиясе цӏакъ вокьулев мурид вукӏанин гьевин бицана Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандиясги.\nБаянаб жо буго устарлъи кьелелде, чара гьечӏого муридасул хӏалбихьулеблъи. Гьеб хӏалбихьи дол ункъоабилел соназго гьабуна гьесие Инхоса Кӏудияс. Буйнакскалда тохтурлъун хӏалтӏулев, жиндирго рукъ ва хъизамалъул хӏалтӏи бугев гьесда Инхоса Кӏудияс абула росулъе вахъаян. Тӏолабго гӏагарлъи дандечӏола, хасго чӏужу. Росулъ цонигиязе хӏалтӏи букӏинчӏо. Хӏатта гӏалимзабаз ва цересел чагӏаз абула Кӏудияс абураб дуда мекъи бичӏчӏун батизе бегьулин, гьесда цоги нухалда цӏехеян. Амма Гӏабдулжалилица, хъизан биххиялде кканиги, цоги нухалъ Кӏудиясда гьикъу-ларо ва, кинабго тун, росулъе вахъуна. Сагӏид-апандияс, гьеб мисалги рехсон, чанги бакӏалда абуна устарасухъ гӏенеккизе кколин Гӏабдулжалил гӏадин.\nГӏелму цӏалулагоги гьелдаса хадуб цадахъ хӏалтӏулагоги къогогӏан соналъ аскӏов вугониги, шаригӏаталдаса бахъараб яги тӏарикъаталъул къануназде дандекколареб щибго бихьичӏо дида гьесулъ. Гӏамал-хасиятин абуни, битӏахъе Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) асхӏабзабазул заманалдаса босараб гӏадаб буго.\nЖивго цӏакъ хӏалимав чи вукӏаниги, исламалъул гӏорхъи хвезабулеб хӏужа бихьани, жиндие щвезе рес бугеб бадибчӏваялъухъ балагьичӏого, кколе-лъуб кколеб абулаан гьес.\nЭрпели росулъ хӏалтӏулеб мехалда, больницаялъул богогьан Сапиятица бицана, хъизанги цадахъ гьечӏого, чияр росулъ больницаялъул бетӏерав тохтурлъун вукӏаго, гьес больницаялъул кванил цо лукъмацин кӏалдиб лъечӏилан.\nДинияв чи вукӏиналъе гӏоло Гӏабдужалилие гьарулел квалквалал камулароан дол соназда. Гьедин, иргадулаб нухалъ гьев хӏалтӏудаса вахъизеян гьабураб данделъиялда Эрпели росдал парткомалъул секретарас абуна: «Гьаб дунялалда инсанасул сураталда малаик вукӏунев ватани, гьев чи Гӏабдужалил вуго», — ян. Гьев мубаракасул макъамалъул хӏакъалъулъ бицуна 13 соналъ жиндие гьабураб ижаза бахчун теялъ. Гьеб хӏатта рокъоб хъизамалдацин лъазе течӏо гьес.\nАлхӏамдулиллагь, Гӏабдужалил-апанди лъугьана киназего Аллагьасул пайиз-баракат чвахулеб гӏорлъун. Цогидалъул бицинчӏониги, кӏудияв къутӏбу Сагӏадухӏажиясул Мухӏамад-апандиясул тарбия щвей гӏеларищ гьесие даражалъун.\nУстарлъи гьабулеб ичӏабго соналъ гьес киназдаго ва тӏоцебе аза-азар муридасда бихьизабуна гӏемерал гӏасрабаз хисичӏел, ясбер гӏадал бацӏцӏадаб накъшубандияб ва шазалияб тӏарикъатал цересел акътӏабазул нухдасан расул къадаралъги кьури гьесул гьечӏеблъи.\nУстарлъи гьабулеб ичӏго соналда жаниб цо нухалъ хӏежалде ва сахлъи сабаблъун тохтурзабазухъе вахъарав гурев гьев, кигӏан хӏеж-гӏумраялде зияратазде вилълъаян гьудулзабаз гьараниги, рокъоса къватӏиве вахъинчӏо, жинда Бакълъухъа Кӏудияс, Аллагь рукъалъул бокӏнилъ валагьеян абун букӏанинги абун. Гьеб гӏеларищ гьесул тӏадегӏанаб макъам борцунеб роцен? Дагъистаналдаса гуребги, къватӏиса рачӏарал муридзабиги къабул гьарула гьес. Масала, Чергесиялдаса мурид Рамазаница бицана: «Аллагьасул гӏорхъи гьечӏеб рахӏматалдалъун дида дандчӏвана хӏакъикъияв вали, устар Гӏабдулжалил-апанди. Битӏахъе рухӏдаллъула Дагъистаналда ругел муридзабазда, гьев устаргун цо ракьалда ругел ва бокьараб мехалъ гьев вихьизе щолел нужеда. Ниж рикӏкӏад рукӏиналъ, лъагӏалида жаниб цо нухалъ щола гьесухъе ва гьеб баракат лъагӏалица цӏунизе хӏаракатги бахъула. Амма, кигӏан рикӏкӏад рукӏаниги, устарасул тӏалаб кидаго нахъа букӏин лъала нижеда.\nЗияраталъ ине къватӏире рахъарабго, Кисловодскалде гӏагарлъулагоцин чӏвала устарасул пайиз ва Буйнакскалде щвезегӏан гьеб тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунебги букӏуна. Гьединго тӏадруссун рокъоре рачӏунаго, Кабардаялде щвезегӏанги букӏуна гӏажаибаб, бицине лъалареб хӏалхьи ва рахӏатгун пайз. Иман загӏипал рукӏиналъ, вализабазул караматалги къваригӏуна нилъее. Кигӏан загӏипав вугониги, дида гьесул чанго караматги бихьана. Масала, 2017 соналъул февраль моцӏалъ, рукъ цӏорон букӏун, дица, вегулаго, токалъул печь къазабун букӏана. Цо заманалдасан макьилъ устарас дун ворчӏизавуна ва абуна: «Рамазан, вахъа, розеткаялдаса вилка бахъе», — ян. Виххун ворчӏана, щибжо вилкаяли бичӏчӏуларого вукӏана. Балагьана ва заманалдасан макъар бухӏулеб махӏ чӏвана, цӏа рекӏун, токалъул розеткаги, гьелда къазабураб вилкаги биунеб батана. Талихӏалъ, зарал ккелалде, цӏа свинабизе кӏвана. Нижер рукъ цӏулал буго. Бицине ккелищха кинаб балагьалдаса устарас нижер хъизан хвасар гьабурабали.\n2014 соналда дунги Мухӏамад ва Гӏалиасхӏаб абурал муридзабиги Кӏудиясухъе зияратги гьабун нахъруссунел рукӏана. Нухде рахъана къасимехалъ. Кабардаялда ва Осетиялда гьоркьоб сигналалъул гьаркьица дун ворчӏана. Сигнал гьабулаго, битӏахъе, нижеда данде боржун бачӏунеб бугоха бензин баччулеб кӏудияб машина, амма ниж киналго, хасго водительги, кьижун ккун рукӏун руго. Машинаги унеб бугоан 120 км. хехлъиялда. Дир ботӏролъе, гьале доб ахирилан абураб пикру бачӏана. Амма цинтӏаго заман лъалхъанин ккана ва, хӏинцго биччалеб киноялда гӏадин, кинабго хӏинцго багъаризе лъугьана. Шоферас бигьа гьабун руль сверизабуна, ва машина, бензовозалда цун, цвичӏого цоги рахъалдеги сверун, чӏана. Цинги, хӏинцго букӏараб кино хехго биччараб гӏадин, кинабго цӏидасан букӏахъе багъаризе лъугьана. Ккараб бихьанищин нижеца цоцазда абуна, кьижун вукӏарав шофер Мухӏамадица щиб гьаниб ккарабилан гьикъана. Гьеб хехлъиялда унеб букӏараб машина чӏезабидал, туркӏизецин туркӏичӏо. Гьеб цо дида бихьун букӏарабани, гӏадамал божиларин, бицине кӏвелароан, гьале гьев лъабго нугӏ жакъаги чӏаго вуго. Балагьараб мехалъ, нижер машина, шоферги кьижун ккун, данде бачӏунеб нухде ун букӏун буго. Гьедин тӏоцебе Аллагьасул ва хадуб Кӏудиясул кумекалдалъун ункъо чиясул рухӏ хвасарлъана гьеб бакӏалдаги», — ян.\nГьединал мисалал гӏемер рехсезе бегьула, Кӏудиясе бокьуларелъул, гьалда гӏей гьабун толеб буго. Дагьалги караматал лъазе гъира ккарав «Сиражу сагӏадаталъул» кӏиабилеб томалде раккизе бегьила. Гӏицӏго абила, Гӏабдужалил-апандиясул бищунго кӏудияб карамат истикъамат, ай кьуричӏого гьидаяталъул нухда чӏей бугилан.\nАллагьас халатаб гӏумруги сахлъиги кьеги Кӏудиясе, гьесул баракат нилъееги камизабугеги! Амин!\nМухӏамад Хӏажиев,\n«Нур-ул Ислам» газеталъул бетӏерав редактор"}
{"slug": "832-mugiruz-salam-koleb-sarinazul-g-ansitukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=832-mugiruz-salam-koleb-sarinazul-g-ansitukh", "title": "Мугӏруз салам кьолеб сариназул гъанситухъ", "date": "2018-02-28 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Щибаб кечӏ — цӏияб къисмат, цӏияб рокьи\nХӏасратай кочӏохъан\nМаргьадалъ букӏунеб гӏамиркоялъул берцинлъи бикъарай. Гӏансахӏанчӏил гӏадаб ритӏухълъиялъул. Мугӏрулгӏан тӏадегӏанаб намусалъул. Чундузгицин салам кьолеб кочӏол гъасда цӏа бакарай, гӏадатлъиялъги гьитӏинлъиялъги гӏисинлъималазгицин Зайнаб-адайилан ахӏулей, мугӏруздаса гӏодоре чвахун рачӏунел лъаразул чилигӏан хӏайранаб, ракьулъан бурулел иццалгӏан бацӏцӏадаб гьаркьил магӏарулазул булбул. Гьитӏинлъанагӏан гӏадамазе кӏодолъарай, машгьурлъарайгӏан гӏадатлъарай, гӏадатлъарайгӏан тӏадегӏанлъарай, халкъияй артистка.\nГьуинаб каламалъул, берцинаб гьурмада гӏажаибго гьайбатаб гьимиялъ расенал угьарай, гӏадамазул ракӏаз бищунго канаб цӏваялда аскӏоб цӏар хъварай, жиндирго талихӏ магӏарулазул рокьиялъ лъалъалеблъун рикӏкӏуней, гьезухъ бергьараб гӏищкъуялъ черхго цӏурай, тӏабигӏаталъ кьураб икъбалалъ магӏарул кочӏол маданияталда Зайнабилан чӏахӏиял хӏарпаз цӏар хъварай хӏасратай кочӏохъан.\nЗайнабихъ гьоболлъухъ\nНилъер щивасул рукӏуна жидергун лъай-хъваялъ нилъер гӏумруялда лъалкӏал толел гӏадамал. Рихьанагӏан рихьизеги рокьула гьел, хабарги бицине бокьула гьезулгун. Хӏатта гӏумруялъул чвахигицин хисулеб гӏадаб асар гьабула, гьезда берчӏвайдал. Гьединазул цояйлъун дие ккола Зайнаб Махаева.\nГьелъул кочӏолъ щияй чӏужугӏаданалда батула жиндирги къисмат. Ракӏалде щола гӏолохъанлъи тӏегьалеб гьайбатаб гӏуж, тӏубачӏеб рокьул согӏал ругъназ цӏидасанги рекӏеда цӏа лъола, гирунго гирун бачӏунеб бухӏараб магӏуялъ цӏидасанги гӏанабазда хъвала досул цӏар. Дос сайгъат гьабурал талихӏалъул куркьбалги хьвагӏулаго, рещтӏен гьабула Зайнабил кочӏохъ.\nЩибаб кечӏ – цӏияб къисмат, цӏияб рокьи. Кочӏол щибаб рагӏи – хӏасратаб рокьул нугӏзал.\nГьеб кинабго абизе бокьун букӏана йокьулей кочӏохъаналда, гьелъ нухмалъи гьабулеб Махӏачхъалаялъул № 4 искусствабазул школалде щведал.\nАмма лъала бадибе гьабулеб рецц-бакъ гьелъие бокьулареблъи.\nВа нижеца байбихьана жийго Зайнабил кочӏол дунялалъулги маданияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги хӏакъалъулъ гара-чӏвариялде.\nУяблъун лъугьараб\nхӏикматаб маргьа\n— Баба, баба, ялагьея зодое. Рихьулищ дора ругелщинал цӏваби, — ян ахӏана гьитӏинай Зайнабица, шагьримоцӏ берцинлъизе цӏикарал гӏемерал цӏвабзазухъги ялагьун.\n— Вай, дозул берцинлъи. Гьагъаб батӏаго чӏун бугеб цӏва дирха, баба, лъалищ дуда?\nАмма, ялагьея цо, долъиеги бокьун буго дол цӏакъго цӏикарал цӏвабзахъе ине. Вабабай, бихьулищ доб дозухъе боржун араб куц.\n— Баба, лъалищ дуда — гьелъул магӏна ккола, кӏудияй гӏураб мехалда, дир кӏудияб анищ тӏубазе бугин абураб.\nГьитӏинай Зайнабие бокьулаан киса-киего цеехъанлъун йикӏине: гьабулеб хӏалтӏулъги, ахӏулеб кочӏолъги, жамгӏияб хӏалтӏулъги. Чӏухӏараб рилълъингун унаан гьей грамотаби, дипломал росизе, учителас цӏар ахӏидал.\nДолдаса нахъе ана гӏемерал сонал.\nТӏубана Зайнабил анищ. Кочӏохъаналъул жакъасеб къисмат маргьалъун лъугьине квербакъана кунчӏараб цӏвабилъун гьелъул гӏумруялда хутӏарал Хӏурия Кантуловалъ, Муи Хӏасановалъ, Манарша Дибировалъ, Сидрат Мажидовалъ. Гьезул цӏвабзаз борхалъуде боржине кумек гьабураб Зайнаб Махаевалъул цӏва даимаб цӏалъун кунчӏана магӏарул кочӏол маданияталъул гъасда. Гьеб цӏадул хӏенхӏал рокьилъун рещтӏуна магӏарулазул ракӏазулъ.\nАхӏулеб буго Зайнаб Махаевалъ\nКъого соналъ ахӏулеб буго кочӏохъаналъ гӏагараб халкъалъе кечӏ.\n— Халкъалъул рокьуца кьуна дир кучӏдузе рухӏ. Дун йокьулез кьолел тӏугьдузги чӏвалеб хъаталъги цӏияб рогьел рещтӏинабулаан дир рекӏелъе. Халкъалъе хӏажатайлъун йикӏин бичӏчӏидал, хӏаракат бахъана дица гьелъул божилъи ритӏухъ гьабизе. Гьале жакъаги дун халкъгун. Къого соналъ гӏагараб миллаталъ чӏвалеб бугеб хъатие гъугъай рокьул дандерижилъун хутӏизе хӏалтӏулей йиго дун, — ан абуна Зайнабица.\nКъого сон сценаялда – лъаларо гьеб гӏемерищ яги дагьищ бугебали. Амма лъала – магӏарулазе гьеб буго цо талихӏаб лахӏзат. Гьаб ахираб лъабго соналъ, гьелъ концерт кьечӏелъулги, магӏарулал урхъун рукӏунаан гьелъул сариназухъ.\nБокьула гӏадамазе, магӏарулал гурезеги, Зайнаб Махаевалъул кечӏ. Ахӏула гьелъ хӏасратго, борхатаб сценаялдасан, концерталде вачӏарав щивасул пикрабиги цӏалулаго, гӏадамазде бугеб рокьул тӏирабаз гьел пикрабиги чурулаго.\nАхӏула Зайнабица Ватӏаналъулги, гӏагараб мацӏалъулги, миллаталъулги хӏакъалъулъ. Ахӏула рокьул сариналги. Амма киданиги ахӏичӏо гьелъ гьанже сценаялда гӏемерлъулел ругел чӏорогоял, гӏенеккизецин нечарал кучӏдул.\nГьелъ рахӏатхвезабун буго халкъияй артисткаялъулги:\n— Унго-унголъунги гӏемерлъулеб буго сценаялда магӏарул гӏадаталги гӏамалалги сан гьабулареб, мугӏрузул тӏадегӏанлъиялъги, магӏарулалъул намусалъги ритӏухъ гьабулареб кечӏ-бакъан.\nМасала, Чачаналда, хасаб комиссиялъ къабул гьабураб кечӏ гурони, сценаялда ахӏуларо. Щай бегьулареб Дагъистаналдаги гьединаб комиссия гӏуцӏизе. Нилъер гьанир гӏунги тӏокӏал руго унго-унгояб гьунаралъул къимат гьабун бажарулел гӏадамал. Гурони, лъугӏулеб буго сценаялдаса умумузул ретӏа-къайги, магӏарул кочӏол гогьарги. Гьелъие гьанжего ахир лъечӏони, хадусел наслабазда лъазе гьечӏо магӏарул маданияталъул тӏагӏам. Данделъизе ккола киналго: хъвадарухъабиги, шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, журналисталги, кочӏохъабиги, концерт гӏуцӏулелги. Тӏадруссине ккола магӏарул гӏадатазул гъанситохъе. Гурони, миллат гъваридаб кӏкӏалахъе бортизе буго. Цохӏо кечӏ ахӏулелъулги, лъабго-ункъо авторасул рагӏабиги журазарулел руго. Щиб ахӏаниги, батӏалъи гьечӏел кочӏохъабиги руго, — ян бицана Зайнабица.\nСапарал, сапарал, сапарал…\nГьал ахирал соназ гӏемер щвана Зайнаб батӏи-батӏиял улкабазде:\n— Кие щваниги, дир ракӏ букӏуна Дагъистаналда. Гӏагарал мугӏрулги, мугӏрузул гьаваги, магӏарул мацӏалъул роцӏенги дица сундухъго хисуларо.\nДун пана гьаюла, масала, Турциялда цӏунун бугеб магӏарул мацӏалъ.\nДица «машина» йилан абидал, гьенир ругел магӏарулаз дие бадибчӏвай гьабуна гьеб гӏурус рагӏи бугила, магӏарул мацӏ бицунелъул, чияр рагӏаби хӏалтӏизаругейила.\nКинаб улкаялде щваниги, дун урхъун йикӏуна Ватӏаналъухъ. Гьелдаса рикӏкӏалъидал гурони, бичӏчӏуларо гьелъул тӏадегӏанлъи, гьелъухъ чӏалгӏеналъ ва урхъиялъ бецӏцӏулеб букӏуна ракӏ ва цо лахӏзаталъ йохизе бачӏуна бахӏарчияб тарих бугеб миллаталъул вакиллъун йикӏиналдаса.\nМагӏарул махӏги яхӏги\nГьелеха Зайнаб Махаевалъул кочӏолаб дунял. Магӏарул яхӏалъул махӏалъ цӏураб.\nМагӏарул кечӏги Зайнабги. Зайнабги магӏарул кочӏол маданиятги. Халкъияй кочӏохъаналъ гьелъул гъасда бакараб даим кочӏолаб цӏаги.\nЦӏаялъ нугӏлъи гьабизе буго Зайнабил кочӏолаб дунял магӏарул наслабазе абадиялъ гвангъун хутӏизе букӏиналъе.\nАхӏулеб буго Зайнаб Махаевалъ…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "833-khabar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=833-khabar", "title": "Хабар", "date": "2018-02-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Яхӏ\nГӏонсода тӏад лъураб, чӏахӏиял бидурихьаз басараб, жиндирго кверда нилъуги базабун, годекӏанив гӏодовчӏун вукӏарав херасда аскӏове вачӏана гӏолохъанчи. Саламги кьун, гӏодовчӏун вахъиналде, гӏолохъанчияс кисиниса бахъана «Казбекалъул» пачка. Папиросалда цӏаги лъун, кӏкӏуй бахъулев гьесухъ кьурунги вуссун, лъикӏ валагьана херав.\nНамуслъарав гӏадинги лъугьун, гӏолохъанчияс кисинир лъолел рукӏарал папиросал херасда цере ккуна:\n– Бухӏиларищ, кӏудияв чи?\n– Гье, гьитӏинав чи, кӏудияб баркала! – ян чарлъарал михъазулъе гьимана херав. – Дуда рухӏдаллъун гурев дун валагьулев вугев, дуда гурхӏунин.\nГӏолохъанчи, абизе жо лъачӏого, гьалгъан хутӏана. Гьес, кӏкӏуйги бахъичӏого, хъалиян жибго лагьулеб букӏана. Пикру гьабулев гӏадин дагьаб мехалъ валагьун чӏунги вукӏун, цинги херас бигьа гьабун абуна:\n– Гьеле, гьев мун гӏадинав вугеб мехалъ гӏантав вукӏана, дир вас, дунги. Чанги бухӏана гьеб байтулман дицаги. Яхӏ гьечӏеб жо буго гьекъолеб жоги хъалиянги, гьезда аскӏор дагьалги яхӏ гьечӏел руго нилъ, цо-цо гӏадамалги. Воре, кӏочон тоге дир рагӏаби! Кида-къадниги ракӏалдещвезеги бегьула дуда гьел.\nГьанже рекӏеда ватана гӏолохъанчи.\n– Тезе кӏолареб жо бугила гьабилан абула, дицани жеги хӏалги бихьичӏо, гьел рагӏабазда божизеги кӏолароха, кӏудияв чи. Амма дир мадугьал, дурги гьудул, Болоцӏиласул Хӏажиявни щибаб къойил гьедула, жакъаялдаса тӏокӏаб киданиги кӏалдиб кквеларилан. Хадусеб къоялъ нахъойги бухӏулев ватула. Яхӏ гьабизе кӏоларила, гӏайиб гьабугейила, Аллагьас гьадинав вижун ватидал жинцаги щибдилаха гьабилеб абун вукӏуна дов.\nХерав гьимана.\n– Гье, дир вас, Аллагьасда бараб жоги гьелъул щибго гьечӏо, мун гӏедегӏун ватичӏони, гьеле гьеб яхӏалъул бицина дица дуе цо хабар.\n– Бице дурго, дун кивего гӏедегӏун гьечӏо, – янги абун, дагьавги аскӏовегӏан къана гӏолохъанчи.\nХерав цин бадиса магӏу бачӏинегӏан хъухӏудана, цо щибалиго ракӏалдещвезабулеб гӏадин, къапезарун жиндирго къваридал, амма жеги хъергъудал гӏадал цӏодорал бералгун рикӏкӏаде, мугӏрузде валагьана. Цинги, къадалъ гамачI лъолев чияс гӏадин, щибаб рагӏиги буцӏун, къотӏун, къачӏалаго байбихьана:\n– Дир вукӏана лъикӏав гьудул. Дагӏа букӏана досда цӏарги. Гьеле, гьанже мун гӏадинал гьитӏинал гӏолохъаби рукӏана ниж. Бихьинчиясда тӏадабги рекъарабги жойилан ракӏалдеги ккун, кӏудияздаса балъго, хъалиян бухӏулаан. Хӏасил-калам, квелъ биччан рукӏунаан.\nЦо нухалда къотӏносан унев дида данде вачӏунев вуго Дагӏа. Аскӏовегӏан щолеб мехалъ, гьев тартадизе лъугьана. Гьединаб махсара гьабизе бокьулев чи вукӏана дов. Кӏалдибе щибго босун гьечӏониги, мехтун, вилълъине кӏолареб хвелги гьабун, дида живго рокъове ваччун вачинавулаан. Дос гьединал жал гьарулаан хасго гьекъезе бокьараб мехалъ. Дида гьудуласул хӏиллаги хӏалги лъаларищха?\n– Гьа, хабар тун вукӏа, довегӏанисан вихьанин, расги букӏинчӏин, – ан тӏирун чӏана дун,\nРилълъана Дагӏал доре. Гьекъана чӏагӏа. «Дагӏаги чӏагӏаги цоцада рухьине руго», – ян махсарацин гьабулаан досул хӏакъалъулъ гӏадамаз. Рокъоб хъалияналъул кӏкӏуялъ чӏурх лъуна. Гьебмехалъ ягъана Дагӏал эбел:\n– Гьаб щиб нужеца гьабулеб жо, ургьимес къвагъизе бокьун батани, дир къанда щай лъолареб?\nГьел рагӏабаз, битӏараб бицани, нижеда яхӏ гъуна. Нижеца, кьабун квералги росун, къотӏи гьабуна, тӏокӏаб киданиги хъалиян бухӏунгутӏизе.\nАна анкь, ана моцӏ. Дие гӏолеб гьечӏо цо щибалиго. Чанцӏул пикру гьабуниги, гьадабго хъалиян батула гӏолареб жо. «Йохъ, – ян кьварун чӏола дун, чаран лъола рекӏелъ, — илбис буго гьеб, гьелъул мурад дица гьабиларо».\nАна чанго моцӏ. Толаро рахӏат. Хъалияналъул цо кӏкӏуй бахъани, гӏаршиналъ кӏудияв гӏолилан кколаан ракӏалда.\nЦӏибалеб рукъалъул тӏохде ракь рехулев вуго цо къоялъ дуца абулев Хӏажияв. Гьабуна гьесие кумек. Чӏана хӏухьбахъизе. Кьурана дос хъалиян. Дихъеги танхьил таргьа бегьулеб буго. «Йохъ, Дагӏада рагӏани, къадараб жо ккела, гьедигӏанго загӏипав чийищха дунго кколев?» Кин букӏаниги, инкар гьабизе къуват гӏуна. Гьеб къоялъги цӏачӏо. Нахъияб къоялъ цевеса унаро гьурмада гьоло-гьологӏанасеб гӏетӏги бан, бохалда бохги базабун, лазаталда хъалиян лагьулев Хӏажияв, хӏулагийин досул гьадингоги лъедерал михъазул жал. Хьвагӏана киналдего квер: Дагӏадеги, гьеб къолъизегӏан гьабураб яхӏалдеги. Вилълъана тукаде. «Любительский» абун рукӏунаан доб мехалъ цо папиросал. Босана лъабго пачка, лъуна кисиниб.\n…Кивеха гьанже цо хӏалхьезегӏан кӏкӏуй бахъизе инев, Дагӏада вихьуларелъуве, рагӏуларелъуве. Вилълъана гӏурул рагӏалккун, росдадаса лъикӏалан рикӏкӏаде. Жемана «Варани» гохӏде нахъе. Тӏерхьана берда цебеса росу. Ракӏ парахалъана гьанже. Цӏа лъезегӏанго буго дир кӏалдиб папиросалъул тату. Санагӏатаб, гӏадамасул берщолареб бакӏалдейин абун гӏодовчӏезе лъел рагӏалда бугеб кьурде нахъе лъугьунев вугев дир битӏахъего бохдул сородана, ракӏ данде къана, дидаго дирго гьумер бихьулеб букӏарабани, гьеб къоялъ дун гьелъукьа хӏинкъилаан. Кьер тӏун кагъат гӏадин лъугьун букӏун батила гьеб; дидехун мугъги кьун, лагьиялда, хӏухьел босичӏого, хъалиян бухӏулев вуго цояв. Лъикӏ бералги кӏвекӏун, къуватги бакӏарун, лъикӏ валагьанагури, вугоха вац, Дагӏа. Виххун хутӏана дир хӏатӏил сасихъе нахъе валагьарав довги. Тӏадго ккурав цӏогьор гӏадин багӏарлъун вахъана, цинги хъахӏлъана гьев. Цӏакъ квеш букӏана досда. Амма къуват бакӏарана, дида бацӏица гӏадин берал речӏчӏизаруна. Щаклъарав куц вуго, щвартӏан кӏанцӏунги вачӏун, дир кисабазда хурхана. Дица биччалареб гьесул квер кисинибе. Лъикӏ кӏвекӏарана гьенир. Тӏаде рахъараб мехалъ, хӏелкал гӏадин лъугьун рукӏана кӏиялго. Панкъал гӏадин лъугьун ругоан кисинир папиросалги, гъура-чункун, чухӏун рукӏана гьел. Гӏемераб мехалъ кӏиясдаго абизе рагӏи батичӏо. Кӏалдибе рагӏиги кинха бачӏинеб, хӏухьел босизе кӏоларого ругелъул ниж. Цеве кӏалъазе, щиб абилебали, лъиде гӏайиб рехилебали, щиб багьана бачинебали ургъизеги лъихъанго бажарулеб букӏинчӏо.\nГьебмехалда жиндихъго рукӏарал папиросал хӏалкӏвараб бакӏалде хьвагӏун гӏурулъе рехана Дагӏаца. Цинги кьурун вуссана дир рахъалде.\n– Дуцаги рехе!\nЦоцада къвалалги ран, берда цереса тӏерхьинегӏан ралагьана ниж, цин раккун, цинги рукъун, лъеца росун унел папиросазда хадур. Гьереси нажас буго, битӏараб бицани, ракӏни бухӏун букӏана дир дозда хадуб. Дагӏае щибха бугеб, дос хӏалхьезегӏан кӏкӏуйгӏаги бахъун бугелъул? Дир хӏал бичӏчӏараб куц буго, ургъунго дида тӏад велъулев гӏадин, Дагӏаца ахӏун биччан тана:\n– Жужахӏалъуре щун гурони чӏоге. Къо-мех лъикӏ!\n… Гьелдаса хадуб кӏиясго я балъго, я рагьун тӏокӏаб кӏалдиб кквечӏо хъалиян абулеб жо, гьелъул махӏцин аскӏобе къазе течӏо. Хун ана Дагӏа, мунагьал чурун ратагийин, кьураб рагӏи дос хвезабичӏо. Дос яхӏ гъуна дидаги.\nХерав лъалхъана, цинги жиндаго цебе ракьда гӏонсоца цо киналалиго мухъал рахъулевги вукӏун, нахъеги гӏолохъанчиясдехун вуссана:\n– Бугищха гьениб Аллагьасдаги, чиясул вижиялдаги бараб щибго жо? Дицани абилаан, гьечӏилан. Гьеб бараб буго живго чиясда, гьесул яхӏалда. Хадуб ругьунлъунги ккана, тӏокӏаб къасдго ккечӏо. Болоцӏил Хӏажиясни теларо гьанже хъалиян, долъ дов живго тани гурони. Дудани дица абилаан, гӏолохъанчи, бухӏуге гьеб загьруян!\nТажудин Таймасханов"}
{"slug": "834-dag-istanal-ul-matsiazul-nur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=834-dag-istanal-ul-matsiazul-nur", "title": "Дагъистаналъул мацӏазул нур", "date": "2018-02-28 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Махӏачхъалаялъул № 58 школалда\nНилъер щивасе рахьдал мацӏ ккола гӏумруялъ къисматалде кьабулеб цӏумурлъун. Гьелъул гьаркьихъе рогьалиде дандчӏвайги гьабула нилъеца гӏумруялъул гӏидраялъул хӏасратал сариназухъги гӏенеккула нилъ, гьелъ малъула нилъеда къисматалъул карачелазде данде лъедезеги. Гьеб гьаркьилъ буго эбелалъул кинидахъ кечӏ. Гьелъулъ буго нилъер къисмат къалъизабулеб нур. Гьеб нуралъ къалъизабун букӏана 17 февралалда Махӏачхъалаялъул № 58 школа. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана миллиял мацӏазул байрам. Школалъул азбаралдаги, жанахӏалъубги, классаздаги Дагъистаналъул каранда жавгьараллъун кенчӏелел ругел миллиял мацӏазул саринал. Тӏубараб анкьалъго гьенир тӏоритӏулел руго миллиял мацӏазда цӏалдохъабазда гьоркьор кучӏдул ахӏиялъул, рикӏкӏиналъул, кучӏдул, харбал, сочинениял хъваялъул, бищун лъикӏаб къадал газета гьабиялъул къецал. Гьеб къоялъ гьарулел рукӏана анкьица тӏоритӏарал тадбиразул хӏасилал. Байрам нухда бачана школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Муслимат Жамалудиновалъ. Цӏалдохъабазда байрам баркана «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъги. Гьелъ бицана газеталда лъималазе бахъулеб «Бурутӏ» гьумералъ тӏоритӏулел конкурсазул хӏакъалъулъ. Гьединго Шамай Хъазанбиевалъ рикӏкӏана гӏагараб Хунзахъ районалдеги магӏарул мацӏалдеги гьарурал кучӏдул. Муслимат Жамалудиновалъ рикӏкӏана рахьдал мацӏалда кучӏдул, бицана щивав чиясул гӏумруялъулъ рахьдал мацӏалъ кколеб бакӏалъул.\nГьединго цӏалдохъабазда ва рахьдал мацӏазул учительзабазда байрам баркана школалъул директоралъул заместителал Назиля Гӏумаровалъги, Мухӏамаддибир Валиевасги, Качар Цахаевалъги.\nЦӏалдохъабазги бихьизабуна жидерго мацӏазда кучӏдул ахӏизеги рикӏкӏинеги бугеб гьунар.\nБалагьаразе кӏудияб асар гьабуна цӏалдохъабаз магӏарул мацӏалда лъураб театралияб церерахъиналъ. Гьелъул магӏна букӏана, мацӏ гьечӏони, миллат гьечӏин абураб.\nШколалъул музыкалияв нухмалъулев Мухӏамад Гӏумаровас хӏадур гьарурал цӏалдохъабазги бихьизабуна жидерго гьунар.\nШколалъул нухмалъиялъ цоги нухалда баркана магӏарул мацӏалъул учительлъун хӏалтӏулей йигей Гӏайшат Гӏалиевалда исана тӏобитӏараб, «Махӏачхъала шагьаралъул бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» абураб конкурсалда босараб лъабабилеб бакӏ.\nБайрамалда жиндирго кучӏдул рикӏкӏана тум ва магӏарул мацӏазул учительзаби Муслимат Жамалудиновалъги Зина Гӏумаровалъги.\nЛъугӏана миллиял мацӏазул байрам. Байбихьана гьелъул цӏурмихъе кьурдулеб гӏумруялъул талихӏаб лахӏзат…\nЗубейрат Ибрагьимова"}
{"slug": "835-talikhiab-l-imerl-iyal-ul-gvang-aral-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=835-talikhiab-l-imerl-iyal-ul-gvang-aral-l-alkial", "title": "Талихӏаб лъимерлъиялъул гвангъарал лъалкӏал", "date": "2018-02-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Сугъралъ гьоркьохъеб школалде гьабураб сапаралдаса хадуб…\n«Рагьарал» библиотекабаз асар гьабуна\nХӏажи Гӏабашиловасул цӏаралда бугеб гьоркьохъеб школа. Ва гьелъул нухмалъулей Аминат Тӏолбоева. Гӏемер рагӏулаан школалъул хӏакъалъулъ бицунеб. Бицунеб рагӏаралдаса бихьараб лъикӏиланги абун, Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул байрамалда цересел къояз, дие рес щвана гьеб школалде гьоболлъухъ ине. Школалъул нухмалъулейги щаялиго цеечӏезаюн йикӏана цӏакъго кьварарай хӏакимлъун. Амма, кӏитӏалаяб школалъул азбаралъуе лъугьарайго, тамашалъизаюна — киса-кибего рацӏцӏалъиги талихӏаб лъимерлъиялъул лъалкӏалги. Школалъул жанахӏалъуре лъугьаралго, дандего бортун бачӏана магӏарул гьуинаб калам.\nВа нижеде данде ячӏана Аминат Тӏолбоева, гьурмада разияб гьимиги, гӏадамазухъ урхъараб хӏикматалъ цӏурал бералги, рекӏелъе бортун унеб недегьаб каламги, елъулаго, бицунеб хабарги.\nВа Аминатица ниж рачана школа бихьизе.\nТӏоцебесеб тӏалаялъул жанахӏалъуб бугоан школалъе жиндир цӏар кьурав, машгьурав журналист Хӏажи Гӏабашиловасе сайгъат гьабураб бокӏон. Бахӏарчияв росуцоясе сайгъат гьарурал суратаз бицунеб букӏана хӏинкъи лъачӏев журналистасул гӏумруялъул ва гьунаралъул хӏакъалъулъ. Гьеб ккола гьитӏинаб ватӏаналдеги гӏагараб миллаталдеги букӏине кколеб рокьул кӏудияб мисаллъун.\nКӏиабилеб тӏалаялда бугеб рагьараб библиотекаялъ тамашалъизаюна. Киназего квегӏенаб бакӏалда бугоан гьеб гӏажаибаб библиотека. Бокьарав цӏалдохъанас вачӏун, бокьараб тӏехь босулеб буго цӏализе. Цӏалун бахъарабго, букӏараб бакӏалда лъолебги буго. Гьенирго руго столалги бакӏалги.\nДица Аминатие суалгицин кьуна гьадинал цӏакъал тӏахьал рахай-къайго гьечӏеб бакӏалдаса рикъун унарищилан. Елъулаго, гьелъ абуна, цӏогьилан абураб рагӏи жидер школалда гьечӏила. Гьеб ккола школалда лъималазе кьолеб рухӏияб тарбиялъул берцинаб мисалги лъикӏаб хӏасилги.\nХӏикмалъизе ккараб жо гьечӏищха-рагьараб библиотека. Гьенире киналго тӏахьалги сайгъат гьарурал руго. Аслияб къагӏидаялда библиотекаялъе тӏахьал кьун руго сахаватав росуцояв Хӏамзат Хӏамзатовас. Гьединаб библиотека жеги кӏиго-лъабго букӏине бугин абуна. Щвана щибаб классалде. Республикаялъул бокьараб школа бахиллъиледухъ цӏиял технологияздалъун хьезарун руго классал. Гьединго щибаб классалда бухӏараб-цӏорораб лъимгун умывальникалги. Школалда буго интернатги. Лъималазе чӏезарун руго киналго шартӏал. Гьез гӏумру гьабун ругел рукъзалги руго рекӏее лъикӏаб асар гьабулеб хӏалалда. Буго школалъул жанахӏалъубго хасалил ахги — гьелъие лъикӏаб хъулухъги гьабулеб буго лъималаз. Гьелеха эстетикияб тарбия кьеялъул мисалги — нилъеда сверухъ бугеб берцинлъиялъул къимат гьабизе малъи ва лъай.\nДица хӏалтӏул рахъалъ щибниги гьикъичӏо Аминатида — кинабго берда цебе букӏана. Къадазда рарал суратаз бицунеб букӏана школалъул гӏумруялъулги, цӏалулъ ругел хӏасилазулги, цӏалдохъабазулги умумузулги жамгӏияб хӏаракатчилъиялъулги хӏакъалъулъ.\nГьаб захӏматаб заманалдаги Аминат Тӏолбоевалда кӏун буго гьединаб тӏадегӏанаб даражаялда школа цӏунизеги сахаватал гӏадамал ралагьизеги. Гьединазул квербакъиялдалъун жакъаги школа чӏаго буго, гьалдолеб, хӏалуцараб гӏумру жинда бугеб.\nГьанибго ракӏалдещвезабизе ккола цо гьадинаб хӏужаги: школалъул жанахӏалъуре лъугьунаго, лъималаз хьиталги хисулел руго. Гьеб рахъалъан низам цӏакъ кьварараб буго гьениб. Байбихьуда захӏматго букӏараб батаниги, гьанже гьелде ругьунлъун руго лъимал. Гӏадлуги гьез жидецаго жидеего гьабулеб буго. Цоцазухъги гӏенеккулел руго лъимал. Гӏемерал руго гьеб школалда цогидаз мисал босизе гӏадал ишал.\nКинабго — лъималазул талихӏалъе гӏоло. Гьединаб буго школалъул нухмалъулелъул хӏалтӏул ахӏиги. Хӏалтӏул хӏасилалги церего цере руго.\nРахьдал мацӏ-дир рухӏ, дир хӏухьел\nГьединаб цӏаралда гъоркь гьеб къоялъ тӏобитӏулеб букӏана магӏарул мацӏалъе сайгъат гьабураб байрам. Данделъабазул залалда рагӏулеб букӏана пандрида ахӏулеб магӏарул некӏсияб кочӏол гьаракьги.\nАваристаналде рагьараб каву. Хунзахъ тахшагьар. Ургъалида вугев хан. Гьидалъа Хочбарие гъураб къор. Божуда рекӏкӏ. Хочбарил ахирисеб кечӏ. Гьев вухӏизе гьелегьизабулеб бугеб цӏа. Бахӏарчи вухӏи. Хунздерил ханасул васазухъ магӏу.\nГьедин цоги нухалда школалъул цӏалдохъабаз сценаялдасан ракӏалдещвезабуна хунздерил ханасулги гьидерил Хочбарилги къваридаб къиса.\nГьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицунеб букӏана лъималаз бацӏцӏадаб, гӏажаибго берцинаб хъуди жиндир бугеб рахьдал мацӏалда.\nБаркиял, баркиял…\nЦӏалдохъабаздаги учительзабаздаги магӏарул мацӏалъул байрам баркизе рачӏун рукӏана магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловаги, магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиноваги, Гӏахьвахъ районалъул бетӏерасул заместитель Раисат Гӏабдулбасироваги, «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир, Махӏачхъалаялъул № 11 гимназиялъул магӏарул мацӏалъул учитель Шамай Хъазанбиеваги.\nТубхӏатица лъималазе бицана рахьдал мацӏалъул къвакӏиялъулги, кьвариялъулги, недегьлъи-хӏеренлъиялъулги хӏакъалъулъ. Ракӏалдещвезаруна миллаталъул чӏухӏилъун кколел, гьелъул тарихалда тӏагӏунарел лъалкӏал тарал лебалал васал. Бицана шагӏиралъ имам Шамилги, Хӏажимурадги, Хӏамзатил Расулги щал кколелали. Хадур гьелъ цӏалана жиндирго кучӏдул. Гьединго Тубхӏатица школалъе сайгъат гьаруна жиндирго тӏахьалги.\nБаху Мухӏидиновалъ бицана миллаталъул мацӏги цӏарги цӏунулел ругел магӏарул мацӏалъул учительзабазул хӏаракатаб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул мугӏрузул тӏогьиб жавгьарлъун кенчӏолеб бугеб рахьдал мацӏалъул щибаб хӏарпалъухъ гьоболлъи базе ахӏана гьелъ цӏалдохъаби. Бахуца гьединго бицана ассоциациялъ мацӏ цӏунун хутӏиялъе гьарулел ругел ишазул хӏакъалъулъ.\nРаисат Гӏабдулбасировалъ лъималазда байрам баркана ва бицана Дагъистаналда миллиял мацӏал хадусел наслабазе цӏунун хутӏиялде кьолеб бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Гьелъ тӏадчӏей гьабуна ва цоги нухалда гьалбадериеги цӏалдохъабазеги бицана Аминат Тӏолбоевалъ нухмалъи гьабулеб сугъулдерил школа республикаялъул бищунго лъикӏал школазул кьеразулъ букӏинги.\nШамай Хъазанбиевалъ цӏалдохъабазе бицана магӏарулал цолъизарулеб литературияб магӏарул мацӏ жакъа киназдаго лъазе ккеялъулги, шагьаразул школазда гьелде кьолеб бугеб кӏваралъулги, «Хӏакъикъат» газеталда лъималазе бахъулеб «Бурутӏ» гьумералъулги, гьенир тӏоритӏулел батӏи-батӏиял конкурсазулги хӏакъалъулъ.\nАминат Тӏолбоевалъул\nгӏумруялъул бакъ\nДиректоралъе цӏакъ рокьулел ругоан лъимал. Лъаларо, гьелъ гьеб гӏажаибго недегьаб рокьул лъималазда лъазе толебищали, амма цӏалдохъабазул хӏакъалъулъ бицунеб гьоцӏо хъвараб каламалъ хӏайран гьарун рукӏана ниж.\nАминатица жиндирго гӏумруялъул бакълъун рикӏкӏунеб буго школа. Гьеб бакъул чӏораллъун кколел цӏалдохъабаз даимаб хинлъи кьолеб буго гьелъул кӏудияб, 180 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб ракӏалъе. Гьелъул талихӏалъул чӏвабилъун ругел лъималаз бакараб цӏадуца хъизамалъул гъанситоялъеги кьолеб буго хинлъи. Ва гьел чӏваби цолъулел руго. Кӏиго хинлъи — цохӏо бакъ. Кӏиго хъизан — цохӏо бакъ. Кӏиго талихӏ- цохӏо бакъ. Гьеб бакъалда цӏарги — Аминат. Биччанте гьеб кидаго гвангъун хутӏизе сугъулдерил лъималазе."}
{"slug": "840-g-izlyaral-ul-tarikhalda-chiegierab-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=840-g-izlyaral-ul-tarikhalda-chiegierab-k-o", "title": "Гъизляралъул тарихалда чӏегӏераб къо", "date": "2018-02-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бидуца белъараб балагьаб гьатӏан\nПитна бекьизе бокьаразухъа киданиги бажаризе гьечӏо халкъалъул гьудуллъи-вацлъи биххизабун\n18 февралалда Гъизляр шагьаралъул килисаялдаса къватӏире рахъунел насраниязде кьвагьдана гӏолохъанчи. Гьес чӏвана ункъо чи ва лъукъана щугояв. Тӏаде щварал Росгвардиялъул хӏалтӏухъабаз гьевги чӏвана. Лъукъаразда гьоркьов вуго низам цӏунулел идарабазул кӏиго хӏалтӏухъанги.\nТакъсир гьабурав ватана 22 сон барав Халил Халилов. Гьеб такъсиралъул жавабчилъи жидедаго тӏаде босана ИГИЛалъ (Россиялда гьукъараб къокъа).\nГьеб такъсиралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги епархиялъул иеромонах Иоанница: «Бакъанил гӏужалъ килисаялдаса къватӏире рахъунел рукӏана насраниял. Гьезде кьвагьдезе байбихьана гӏолохъанчияс. Нижеца хехго къана килисаялъул нуцӏа. Жаниве лъугьине бажаричӏелъул, гӏолохъанчи кьвагьдолев вукӏана килисаялъул къадазде. Гьес чӏвана ункъо чӏужугӏадан. Хадубккун больницаялда хвана цоги чӏужугӏадан. Лъукъана кумекалъе тӏаде щварал полициялъулалги. Гьединаб вахӏшияб иш Дагъистаналъул ракьалда ккей буго тӏасан борчӏараб лъугьа-бахъин. Гьабсагӏаталда Дагъистаналъул тӏолалго килисабазда чӏезарун руго полициялъулал. Къварилъи ккарал гӏадамазеги хваразул хъизаназеги кумек гьабулеб буго епархиялъги республикаялъул ва шагьаралъул нухмалъиялъги».\nЩуазаргониги дагъистанияв вачӏана чӏварал рукъулеб къоялъ гьезулгун къолъикӏ гьабизе. Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги епархиялъул архиепископ Варлаамил бихьизабиялда рекъон, гьел рукъана килисаялъул ракьалда.\n«Нижер килисаялъул кӏалтӏа садакъа гьарулей йикӏарай Ирина Мельниковалъул къвачӏа нахъе босизе кӏолеб гьечӏо нижеда. Гьелъул бахӏарчилъиялъ хвасар гьаруна килисаялда жанир рукӏарал гӏадамал. Кодоб къвачӏагун яхъана гьей чӏвадарухъанасде данде. Гьесул кверазда къвачӏаги кьабун, гьесухъа туманкӏ бортизабизе хӏаракат бахъулеб букӏана гьелъ. Гьеб заманалда жаниб рес щвана нижее килисаялъул нуцӏби рахазе», — ян бицана килисаялъул иерей Павел Каликиница.\nКилисаялъул азбаралда чӏвана: Вера Моргунова, Людмила Щербакова, Надежда Терлиян, Ирина Мелькомова, Вера Блинникова. Больницаялда руго Надежда Кушнарева, Наталья Плетухина, ППСалъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Рамазанов ва Росгвардиялъул аскарияв Султан Хизриев.\nЛюдмила Щербакова 40 соналъ хӏалтӏана больницаялда, гьей йикӏана ДРялъул мустахӏикъай тохтурлъун. Бесдаллъана гьелъул кӏиго яс.\nВера Моргунова йикӏана Гъизляр районалъул Захӏматалъул ветераназулги тылалъул захӏматчагӏазулги советалъул председательлъун.\nКъварилъи киназего гӏахьалаб буго\nГъизляралда ккараб лъугьа-бахъиналъ ракӏ лъукъарал дагъистаниязги Россиялъул политиказгун жамгӏиял хӏаракатчагӏазги загьир гьарулел руго гьадинал пикраби.\nРоссиялъул патриарх Кирилл: «Килисаялъул кӏалтӏа щибго гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвай ккола вахӏшияб такъсир. Гьеб гьабурав чиясухъ, щиб бицаниги, ракӏбухӏизе бакӏги гьечӏо. Гьединаб иш бажарула гӏицӏго илбисалда хадув лъугьарав ва рекӏелъ ракълилабги рокьулги къатӏра гьечӏев чиясухъа.\nНус-нус соназ Кавказалда гӏумру гьабулеб буго насраниябги исламиябги диналда рекъон. Гьез хӏаракат бахъула цоцалъ гьуинго рукӏинеги, мадугьаласе зарал ккеларедухъ гӏумру тӏамизеги, хӏажаталъуре кумекалъе рахъинеги. Гьез адаб гьабула цоцазул тарихалъулги маданияталъулги. Ракӏчӏун абила – гьабураб квешлъиялде рекъонкколеб тамихӏги букӏине ккола такъсирчиясе.\nРФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Олег Белавенцев: «Низам цӏунулел идарабаз ралагьулел руго гьеб вахӏшияб такъсир гьабизе ракӏалде ккарал такъсирчагӏи. Гьезие гьабизе буго мустахӏикъаб тамихӏги. Сунцаниги ритӏухъ гьаруларо гьединал ишал гьарурал гӏадамал. Ракӏчӏун божарав вуго питна бекьизе бокьаразухъа бажаризе гьечӏо Северияб Кавказалъул вацлъиялъул халкъазул гьудуллъи биххизабизе».\nДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильев: «Дица зигара бала къварилъи ккарал киназдаго. Лъугьа-бахъиналъул цӏех-рех гьабулеб буго. Лъукъаразе кумек гьабулеб буго тохтурзабаз. Гӏуцӏун буго оперативияб штаб. Республикаялъул нухмалъиялъ кумек гьабизе буго хваразул хъизаназеги къварилъи ккаразеги».\nМахӏачхъалаялъулги Грозныялъулги архиепископ Варлаам: «Насранияб диналъул хӏаракатчагӏазе къварилъи кканилан рагӏидал, дун цӏакъ пашманлъана. Хьул буго, Кӏудияб кӏалкквеялъул сордоялъ накълулъарал гьезие алжан насиб-лъиялда. Жинца дунялги инсанги вижарасда гьарула къварилъи ккаразул хъизамазе сабру, лъукъаразе сахлъи кьеян.\nКин гьеб иш ккун батаниги, дир ракӏчӏола, такъсирчагӏазухъа бажариларо республикаялда ракълилаб гӏумруялъе ахир лъезе. Нилъ – бусурбабиги насраниялги – вацал гӏадин гӏумру гьабизе ругьунал руго ва кинабгӏаги вахӏшияб хӏужа сабаблъун гьеб вацлъи-гьудуллъи биххизе теларо. Нилъ руго цо Инсул лъималги лъикӏал мадугьалзабиги».\nПачалихъияб Думаялъул депутат Юрий Левицкий: «Щибго гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвай сунцаниги ритӏухъ гьабуларо. Дида лъала Дагъистаналда ругел киналго диназул вакилзабаз гьеб такъсир гьабурал гӏадамазе нагӏана кьолеблъи. Гьеб буго нилъер халкъазда гьоркьоб питна бекьизе мурадалда гӏуцӏараб иш. Амма Дагъистаналъул халкъал гьедин бигьаго рикь-рикьизарун бажаруларо».\nДагъистаналъул муфтият: «Пашманаб хабар щвана нижеде: вагьабиясул кверзукьа хвана щугояв ва жеги чанго чи лъукъана. Инсанасе зулму гьаби Дагъистаналъул муфтияталъ рикӏкӏуна вахӏшилъилъун. Исламалъул цӏаралдаса такъсирал гьарулел чагӏазул кинабгӏаги бухьен гьечӏо нилъер диналъулгун».\nРоссиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделение: «Терроризмалъулги экстремизмалъулги идеологиялде данде къеркьеялъги республикаялда ришватчилъи тӏагӏинабизе хӏаракат бахъулеб букӏиналъги хӏалхьи толеб гьечӏо республикаялъулги Россиялъулги халкъазул гьудуллъиги территориалияб цолъиги биххизабизе гъира бугел къокъабазе.\nНижер пикруялда, килисаялъул азбаралда ккараб лъугьа-бахъин буго Дагъистаналъул нухмалъиялъулги халкъалъулги божилъиялде данде гьабураб иш. Амма ниж божула, дагъистаниязул жамгӏияталъ гьезие мустахӏикъаб жаваб кьезе букӏиналда, ай жеги гъункун, вацлъи щулалъизабун, квешлъиялде данде къвакӏизе рукӏиналде. Чӏвадарухъан ритӏухъ гьавизеги гьечӏо цониги дагъистанияс».\nГъизляралда ккараб ишалъ пашманлъизарурал дагъистанияз – Пачалихъияб Думаялъул депутатазги, республикаялъул парламенталъги, муниципалитетазул нухмалъулезги, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабазги – рачӏунел руго зигараялъул кагътал. Гьел рачӏунел руго тӏолабго Россиялъул шагьараздасагун росабалъаги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "841-redaktsiyal-ul-galbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=841-redaktsiyal-ul-galbal", "title": "Редакциялъул гьалбал", "date": "2018-02-28 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Лъикӏаб ишалде пикру буссараб гӏел\nРедакциялъ тӏоритӏарал къецазул гӏахьалчагӏазе шапакъатал кьуна\nМагӏарул газеталъул 100-сонилабги Шамил имамасул 220-сонилабги байрамазул ва Кӏудияб Бергьенлъиялъул хӏурматалда редакциялъ тӏоритӏана хъвавул хӏалтӏабазул къецал. Араб анкьида нижехъе гьоболлъухъ щвана къецазулъ гӏахьаллъарал Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул школазул цӏалдохъаби. Гьебго къоялъ редакциялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай-хъвай гьабизе нижехъе бачӏана Гъоркьа Чирюрт росдал школалъул цӏалдохъабазул къокъаги.\nДанделъи рагьана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловас. Гьес бицана миллияб басмаялъул халкъалъе бугеб кӏваралъулги, гьелъул тарихалда лъикӏаб лъалкӏ тарал редакторазулги, мухбиразулги хӏакъалъулъ. Гьес кӏварбуссинабуна рахьдал мацӏ цӏунизеги, редакциялъулгун гьудуллъи гьабизеги ккеялде.\nГьелдаса хадуб къецазул гӏахьалчагӏазе сайгъаталги дипломалгун баркалаялъул кагъталги кьуна. Баркалаялъул кагъат кьуна газеталъ гӏуцӏарал конкурсазде цӏалдохъаби хӏадуризе хӏаракат гьабулев Мухӏамад-Расул Расуловасеги. «Редакциялъе баркала буго лъималазе пайдаял къецал гӏуцӏаралъухъ. Гьезда гӏахьаллъулаго, гьез цӏех-рех гьабула эбел-инсуда, чӏахӏиязда, лъазабула росдалги тухумалъулги тарих. Батӏи-батӏиял росабалъа лъимал ругониги, дица жигар бахъана жидерго гьунар загьир гьабизе гьезие кумек гьабизе. Цӏалдохъабиги гьезул гӏагарлъиги ралагьун чӏун рукӏуна газеталъул иргадулаб номер бачӏиналъухъ. Цересел соназда тӏоритӏарал къецазул гӏахьалчагӏазул эбел-инсуца баркала кьолеб букӏана лъикӏаб ишалде жидер лъималазул пикру буссинабуралъухъ. Гьединлъидал, дида ракӏчӏун абизе кӏола, редакциялъ цӏакъ пайдаяб иш гьабулеб бугин. Исана ниж рачӏун руго нужер байрамалъул хӏурматалда гӏуцӏараб адабияталъул композицияги хӏадурун», — ан бицана Мухӏамад-Расулица.\nХасавюрт районалъул Къарланюрт, Цӏияб Гъадари, Муцалаул росабазул ва Сагьада поселокалъул школазул цӏалдохъабаз рикӏкӏана чӏварал журналистазде, магӏарул газеталде, миллияб мацӏалдегун шагӏирзабазде гьарурал кучӏдул. Цӏалдохъабазул жигаралъе къимат кьолаго, Муцалаул росдал кӏиабилеб\nгьоркьохъеб школалъул директор Багьавудин Хӏамзатовас гьадин абуна: «Жакъа щибаб школалъул директорасда цебечӏараб масъала буго миллат цӏуни. Гьеб цӏуниялъул аслияб бутӏалъунги ккола рахьдал мацӏалде рокьи куцай. Камулел гьечӏо, жидер лъималазе магӏарул мацӏ хӏажат гьечӏин жагьилаб пикруялъул рахъкколел умумулги. Амма гьезда бичӏчӏулеб гьечӏо, гӏаммаб болмацӏ тӏагӏани, гьелдаго цадахъ тӏагӏунеблъи нилъер тарихалъул кӏудияб бутӏаги. Школалъул администрациялъ гьелде кьезе ккола цӏикӏкӏараб кӏвар. Кӏаралал, цӏунтӏал, багвалал яги чӏамалал ругин гӏиллабиги ратун, болмацӏалдаса инкар гьаби дида мекъаб—\nлъун бихьула. Жакъа гьелъул хӏисаб гьабичӏого, халкъалъул бечелъиялде мугъ рехун чӏани, метер нилъер наслабаз нилъее нагӏана кьезе буго. Некӏсиял умумуз кодоб ярагъгун цӏунана халкъалъул цолъи. Гьеб цолъизабуна гӏаммаб къисматалъги, цогояб тарихалъги, киналго къавмазе гӏахьалаб болмацӏалъги. Гьеб хӏужа кӏочене бегьуларо.\nНилъеца лъималазухъа болмацӏ бахъани, гьел махӏрумлъизе руго Расул Хӏамзатовасулги, Цӏадаса Хӏамзатилги, Фазу Гӏалиевалъулги, Залму Батировалъулги камилал ва гӏакъилал кучӏдуздасаги», — ян.\nМацӏалъ гӏуцӏана магӏарул тарих…\nГьунар, бажари бугел ратана Гъоркьа Чирюрталдаса цӏалдохъабиги. Гьезул программа гӏуцӏун букӏана магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги учительзаби Аминат Гӏабдурахӏмановалъги Аминат Насрулаевалъги. Гьез гьадинал рагӏабаздалъун баркана Гӏали Камаловасда 70-сонилаб байрам:\nБаркала ритӏухъал макъалабазухъ,\nБаркала пайдаял ишазухъ дуе.\nБаркала эркенаб пикру цӏунизе\nКвербакъи гьабурав тӏадмагӏарулав!\nЦӏалдохъабаз рикӏкӏана ва ахӏана магӏарул кучӏдул. Киназго цадахъ ахӏана миллаталъул гимнлъун лъугьарал Расул Хӏамзатовасул «Дагъистан» абураб кочӏол рагӏабиги. Нижер ракӏал хӏайран гьаруна киналго цӏалдохъабазул пагьмуялъ. Хасго кӏудияб асар гьабуна Патӏибика Юсуповалъ рикӏкӏараб «Дир рахьдал мацӏ» абураб Фазу Гӏалиевалъул кечӏалъ:\nГьеб мацӏ дие кьуна мугӏрул чӏужуялъ\nЖиндирго хирияб хазина гӏадин.\nЭбелалъ жиндийги кьун букӏанила,\nКьейила дуцаги дурго лъимазе.\nГьеб мацӏ дие кьуна магӏарулаца,\nМагӏарул намусгун, бечедаб ирслъун.\nБацӏцӏадго цӏуне гьеб, бечед гьабе гьеб,\nГьелда ахӏе дуца хӏасратаб кечӏин.\nБиччанте гьеб дагьаб хъачӏаб букӏине,\nХъачӏал кьурабазда гӏураб букӏине.\nГӏагараб рахьдал мацӏ, дир магӏарул мацӏ,\nДир рекӏелъ бессараб, бидулъ бетараб,\nДицаги кьела мун рахьдада цадахъ\nДирго лъималазе: «Ма, босе!» — йилан.\nКочӏол щибаб рагӏи рекӏелъе бортуледухъ цӏалана Патӏибикаца. Жакъаго хӏалтӏизе бегьила миллияб театралда, — ян рецц-бакъги гьабуна киназго гьелъие.\nАминат Гӏабдурахӏмановалъ редакциялъул хӏалтӏухъабазе сайгъат гьаруна жинца хӏадурарал ва басмаялде рахъарал словарал.\nМиллаталъул чӏухӏилъунги маданияталде рокьигун гӏолеллъунги рихьана нижеда гьеб къоялъул гьалбал.\nРахьдал мацӏалъул къоялде\nХарбица хур бекьулебани…\nМиллиял мацӏазул Халкъазда гьоркьосеб къоялъул хӏурматалда дандеруссин\nГӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталда ракӏарун рукӏана районазулги шагьаразулги школазул вакилзаби. Гӏаммаб данделъиялда, кидаго гӏадин, гӏодор чӏезе бакӏцин щвечӏо киналго учительзабазе. Бищунго гӏемер рукӏана магӏарул мацӏалъул учительзаби.\nДанделъи рагьана институталъул директор Марина Хӏасановалъ. Гьелъ киназдаго баркана Рахьдал мацӏазул къоги, гьарана хӏалтӏулъ икъбалги. «Халкъалъул тарихгун маданият цӏуниялъе кӏудияб кӏвар буго миллияб мацӏалъул», — ан абуна гьелъ.\nРахьдал мацӏал школазда малъиялъулги цӏалул тӏахьаздалъун ва методикиял пособияздалъун учительзаби хьезариялъулги рахъаз институталъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана директорасул заместитель Меседу Шурпаевалъ. Рахьдал мацӏазул пашманаб къисмат букӏиналъе гӏиллалъун гьелъ рехсана хъизамалда мацӏ кӏочонеб букӏин. «Кӏочонел руго миллиял гӏадатал, билулеб буго миллияб хасият. Хасго гьеб унти цӏикӏкӏун буго шагьаразда. Лъимералда рахьдал мацӏ малъизе ккола эбелалъ. Кин гьелъ гьеб малъилеб, жиндаго лъалеб гьечӏони? Жиндаго лъалареб мацӏ лъимералдаги малъизе хӏажат гьечӏин абулеб буго гьез школалъул учительзабаздаги. Мацӏ хӏажат гьечӏин чӏарал хъизамаздаса лъималазул гъираги букӏунаро рахьдал мацӏалъул дарсиде хӏадурлъизеги гьеб лъазабизеги. Лъимадул букӏинеселъул ургъелалда рукӏуна эбел-эмен. Сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялда рекъон куцала гьез лъималги. Жакъа нилъер жамгӏиятго кьурун буссунеб буго миллияб маданияталдаса. «Рахьдал мацӏ лъазе ккола» абураб пикруги хутӏулеб буго хӏакимзабазул рекӏеда хъинтӏулареб ахӏилъун. Амма гьебго заманалда, федералиял законаз гьукъулеб гьечӏо рахьдал мацӏ малъизе. Гьелъие ихтиярал кьун руго. Гьел ихтияраздаса пайда босизе инкар гьабулеб буго нилъецаго», — янги абун, Шурпаевалъ бицана федералияб цӏалул планалъулги пачалихъияб стандарталъулги чарагьечӏеб бутӏалъун кколин миллиябгун регионалияб ва миллиябгун маданияб компонентги.\nДГУялъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Нурмухӏамад Хӏажиахӏмадовас бицана рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда рехсараб вузалъулги ДНЦялъул Мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъулги (ИЯЛИ) гӏалимзабаз хӏадурараб кибербиблиотекаялъул хӏакъалъулъ. «Жакъа Интернеталъул бугеб кӏвар киназдаго бичӏчӏула. Гьелъул кумекалдалъун рес буго миллиял мацӏал цӏунизеги. Гьабсагӏаталда нижеца хӏадурулел руго рахьдал мацӏазул интернет-корпусал. Цо корпус хӏадуризе хӏажалъула 600 азаргогӏан гъуруш. Хӏадурун бахъун буго лезги мацӏалъул корпус. Буго дагьабго бутӏа магӏарул мацӏалъулги. Хутӏарал мацӏазе гӏарац щоларого буго. Корпусалъухъ чӏобого халгьабизе бегьула. Гьединал корпусазул кӏудияб кӏвар буго миллиял мацӏаздаги адабиятаздаги тӏад гӏелмиял цӏех-рехал гьариялъе. Россиялъул гӏемерисел регионазда гьабулеб буго гьединаб хӏалтӏи.\nМиллияб мацӏ цӏунун хутӏула, дир пикруялда, халкъалъе жиндир хаслъи цӏунизе бокьун бугони. Халкъалъе гьеб бокьичӏони, пачалихъалъул кумекалъулги кинабгӏаги пайда букӏунаро», — ян абуна профессорас.\nНурмухӏамад Хӏажиахӏмадовас бицараб миллияб мацӏалъул интернет-комплекс кин хӏалтӏизабулебали бихьизабуна ИЯЛИялъул гӏалимчӏужу Сабина Шихгӏалиевалъ.\nГӏелмияб данделъиялда гӏахьаллъана Россиялъул «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалда гъоркьиса тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъарай Ленинкенталъул №35 гимназиялдаса лъарагӏ мацӏалъул учительница Зарема Жанхуватоваги, рехсараб къецалда батӏи-батӏиял соназда чӏел босарал учительзаби Гулишат Мухӏамадрасуловаги Зарият Базаеваги. Заремаца кьуна рахьдал мацӏалъул дарсги.\nМахӏачхъала шагьаралъул рахьдал мацӏазул учительзабазул методикияб цолъиялъул нухмалъулей Рукъият Абакархӏажиевалъул кӏалъай букӏана цӏикӏкӏараб рекӏел асар гьабулеблъун. «Щибаб соналъ нилъ данде гьарулеб къо буго Рахьдал мацӏазул къо. Цересел соназда гьеб къоялде гӏуцӏулел тадбиразулъ гъираялда гӏахьаллъулаан дун. Ракӏалде кколаан, нилъер школазул масъалабазул хӏакъалъулъ хӏакимзабазда лъаларин, гьеб гьезда бицине кколин ва гьезги, учительзабазго гӏадин, хӏаракат гьабилин гьел масъалаби хехго тӏуразариялъе ресал ратизе. Амма дир гьайбатал анищал санайилго хӏорго хутӏулел руго. Хӏакимзабазда бичӏчӏулебго гьечӏо рахьдал мацӏалъул бугеб кӏварги магӏнаги. Гъоркьиса рохеллъун лъугьун букӏана республикаялъул парламенталъул депутатаз рахьдал мацӏазул суал цебелъей. Гьел хьвадана школазде, халгьабуна учительзабазе гӏуцӏун ругел шартӏазул, цӏехана, масъалаби тӏураялъе квербакъулел нухал кинал рихьулин. Хадубккун щиб гьез гьабурабали балъголъилъун хутӏана. Исана жеги ракӏбакъвазабуна нилъер учительзабазухъаги цӏалдохъабазухъаги кодоса цӏалул тӏахьал рахъиялъги.\nАмма, цин-циял гӏунгутӏабазги квекӏеназги ракӏбуссинабулел чагӏи гуро шагьаралъул учительзаби. Хӏисаб гьабе, «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб конкурс Россиялда тӏобитӏана 10 нухалда ва гьелдаги гӏахьаллъун, щуцӏул бергьана Дагъистаналдаса учительзаби! Гьединал педагогал рукӏаго, нилъер школазда рахьдал мацӏазе кинабгӏаги хӏинкъи букӏинаро. Биччанте нилъехъа тӏахьал рахъизе, методикиял алатал кьунгутӏизе, цӏалдохъабазул умумул рахьдал мацӏалде данде гьусизе – нилъер учительзаби гьел хӏужабаз хӏинкъизариларо! Гьез куцарал цӏалдохъабаз кучӏдул рикӏкӏунеб мехалда черхалда гъаргъар бала, рекӏелъ чӏухӏиялъул асар щулалъула. Гьедин букӏана араб рузманкъоялда шагьаралъул цӏалдохъабазда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда лъималаз пасихӏго, берцинго, щибаб гьаракь ургьибе лъугьунедухъ нилъер шагӏирзабазул асарал рикӏкӏунеб мехалдаги. Баркала нужее, хириял учительзаби!», — ян абуна Рукъиятица.\nГӏаммаб данделъиялдаса хадуб учительзаби рикьана мацӏазул секциязде. Магӏарул мацӏалъул учительзабазул горсвери букӏана пайдаяблъун. Гьениб бицана учительзабазул ракӏунтарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Къокъго абуни, цоги нухалда такрар гьабуна рахьдал мацӏалда цӏезабизе кколин классалъул журналалда ругел мацӏалъулги адабияталъулги гьурмал, цӏалул тӏахьал кодоса рахъизе ихтияр лъилниги гӏоларин, гьел гӏарцухъ ричун росарал ругони, методикиял пособиязул бакӏалда Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул сайталда лъурал дарсил планалги цогидал методикиял тӏахьалги.\nРахьдал мацӏал малъиялда сверухъ хӏалуцин жеги цӏикӏкӏине бугин бицана ДНИИПалъул рахьдал мацӏазул секторалъул нухмалъулев Хӏайбула Вакиловас. «Цӏияб цӏалул соналдаса нахъе щибаб школалъ хӏадуризе ккола хасаб цӏалул план. Гьелъие кьочӏое босизеги ккола федералиял стандартаз бихьизабураб цӏалул планалъул ункъо тайпаялда гьоркьоса цояб. Гьезда гьоркьоса цоялда рекъон рахьдал мацӏ школалда малъизе кколаро, хутӏараб лъабабго тайпаялда рахьдал мацӏ малъизе ккола. Рахьдал мацӏ цӏалул мацӏлъун босулеб бугони, гьелъие бихьизабун буго анкьида жаниб щуго-анлъгониги сагӏат. Гӏицӏго дарс хӏисабалда малъизе бугони – лъабго сагӏат. Кинаб тайпаялъул цӏалул план тӏасабищилебали бараб буго школалъул администрациялдаги, педагогазул советалдаги, умумуздаги. Рахьдал мацӏ гъорлъ бугеб тайпа тӏасабищизе хӏаракат гьабизе ккела учительзабазги», — ян абуна Вакиловас.\nГьумер хӏадурана\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "859-bokani-bozha", "url": "https://hakikat.info/?nationals=859-bokani-bozha", "title": "Бокьани божа…", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏаруласул цӏар лъабцӏул хъван буго\n«Гиннесс» абулеб Ирландиялъул фирмаялъул пиво гьабулел заводазул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев Хью Биверица, жидерго пивоялъе реклама букӏиналъул мурадалда, хӏукму гьабуна хасаб тӏехь бахъизе. 1955 соналъул 27 августалда къватӏибе биччазе байбихьидал, гьеб тӏехь, цоцахъа бахъун, цӏалулеб букӏана. Жакъа Гиннессил тӏехь нусго улкаялда бахъула, гьездаго гьоркьоб Россиялдаги. Гиннессил тӏехьалдаса росарал цо-цо мисалал рачинин.\nЧорхол 251 сантиметр борхалъи бугев турказул фермер Султан Кёсен рикӏкӏуна дунялалда бищунго ворхатав чилъун. Бищунго къокъав чи ккола китаялъулав, Хи Пинджин. Гьесул чорхол борхалъи буго 74 сантиметр.\nБергьенлъабазул сияхӏалда йиго Волгоградалдаса Панкратова Светланаги. Чорхол 195 сантиметр борхалъи бугей гьей баскетболисткаялъул бохдузул халалъи буго 132 сантиметр.\nКалифорниялдаса Никил мацӏалъул халалъи буго 10 сантиметр, гьединлъидал гьев восана «Дунялалда бищунго халатаб мацӏ» абулеб бутӏаялде.\nЛъедон, анлъго нухалъ Атлантикияб ва кӏиго нухалъ Индиялъул океанал рахарав машгьурав спортсмен Саймон Чок восана тӏехьалъул спорталъулаб бутӏаялде.\nЖакъа къоялда дунялалда бищунго халатаблъун рикӏкӏуна тӏехьалде босараб 81.8 метралъул халалъиялъул сигара.\nИраналъул шахматист Эхсан Гаем-Магамидил гӏакълу гӏуна цого заманалда 604 шахматазул партия хӏазе. Гьелъие къваригӏана 24 сагӏат. 580 партиялда Эхсаница бергьенлъиги босана.\nДунялалда тӏад бищунго кӏудияб сэндвич гьабуна 2004 соналда Мехикоялда. Гьелъул цӏайи бащалъана 3178 килограммалда.\nТвералда гьабураб кӏитӏалаяб Москва-Воронеж поезд ккола Россиялда цо бугеб, 1320 чи рекӏунеб поезд.\nТихий ва Северияб Ледовитый океаназда, Чукоткаялдаса Арктикаялде щвезегӏан лъедон, Красноярскиялдаса Николай Петшаковас ва Наталья Усачевалъ нахъа тана 134 километралъул манзил.\nШуйский уездалдаса Федор Васильевасул (1707-1782) лъадуца 27 нухалъ гьаруна лъимал: 16 нухалъ гьелъие гьабун буго кӏи-кӏи лъимер, анкьго нухалъ — лъаб-лъаб ва ункъо нухалъ — ункъ-ункъ лъимер. Чӏаго хутӏун буго 67 лъимер.\nЛев Козлов ккола самолетазул спорталъул 52 нухалъ дунялалъул рекордсмен, авиациялъул генерал-лейтенант, СССРалъул мустахӏикъав рагъулав летчик, летчик-снайпер ва халкъалда гьоркьосеб классалъул СССРалъул спорталъул мастер. Гиннессил тӏехьалде гьев восана 1990 соналда Ан-124 «Руслан» самолеталда дунял сверун воржиналдалъун. 72 сагӏатги 16 минуталда жаниб дунял сверана Козловасул бетӏерлъиялда гъоркь экспедициялъ, гьез нахъа тана 50005 километралъул манзил, гьелдаса 93 процент дунялалъул киналго океаназул акваториязда тӏасан.\nВладимир Турчинский ккола къуватал тайпабазул спорталъул рекордсмен, гьединго «Гиннессил тӏехьалъул халкъазда гьоркьосеб рекордсменазул клубалъул» дипломалъе ва меседил медалалъе мустахӏикълъарав чи. Рекордазул тӏехьалде росарал Турчинскиясул гьунаразда божизецин захӏмалъула: спортсменас хадуб цӏана 260 тонна тӏад бугеб «Руслан» самолет, борхана 3,5 тонна бакӏлъи бугеб пил, цого квералъ 100 метралъул манзилалда хадуб бехъерхъана 20 тонна бакӏлъи бугеб кӏитӏалаяб автобус.\nВалентина Закорецкая парашюталъул спорталде машгъуллъана 16 сон барамехалда. Дунялалда бищун цӏикӏкӏун парашютгун кӏанцӏарай гӏаданинги абун, Гиннессил тӏехьалда лъабго нухалъ гьабуна гьелъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай. Парашютгун гьей кӏанцӏун йиго 11500 нухалда.\nДагъистаналдаса Гӏумар Хӏанапиев Гиннессил тӏехьалде восана лъабго нухалъ. Гьес, цабзазги ккун, хадуб цӏана электровоз, ралъдал лайнер ва самолет. Махӏачхъалаялъул вагоназул депоялда Хӏанапиевас хадуб бехъерхъана 140 тонна тӏад бугеб тепловоз. Махӏачхъалаялъул ччугӏил порталда гьес 15 метралъ ралъдадасан хадуб цӏана 567 тонна тӏад бугеб танкер.\nНури Нуриев"}
{"slug": "860-svinkayal-ul-guzhum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=860-svinkayal-ul-guzhum", "title": "«Свинкаялъул» гьужум", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Аслияб къагӏидаялъ унтарал руго Махӏачхъалаялда\nРоспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ лъазабулеб буго республикаялда свинка унтиялъ унтарал гӏемерлъулел ругилан. 2018 сон байбихьаралдаса нахъе гьелъ унтун вуго 357 чи. Аслияб къагӏидаялда унтарал руго Махӏачхъалаялда ва Гъизилюрт районалда. Унти тӏибитӏиялъе ругел гӏиллабазул цояб ккола гӏадамаз прививкабаздаса инкар гьаби. 2018 соналъул январалде прививкаби гьаричӏезул къадар бахун буго 12 азарго чиясде. Гьезда гьоркьор руго лъимал ва 17 соналде рахарал гӏолилал. Гьеб киналъулго хӏисабги гьабун, марталда 9-11 классазул цӏалдохъабазе гьаризе руго прививкаби.\n345 чиясе диспансеризация гьабизе буго\nГӏадамазул диспансеризация гьабиялде кӏудияб кӏвар кьолеб буго республикаялда. Исана гьеб гьабизе буго 345 азарго чиясе. Щивасда тӏадаб буго лъабго соналда жаниб цо нухалда диспансеризация гьабизе. Дагъистаналъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бетӏерав терапевт Мухӏамад Гӏабдулаевас абулеб буго жидерго сахлъиялде заманалда кӏвар кьейилан.\nИсанасеб диспансеризация тӏобитӏизе буго цӏиял къагӏидабазда рекъон. Масала, гьабизе буго онкоскрининг. 39-51 соназда ругел руччабаз кӏиго лъагӏалида жаниб цо нухалда гьабизе лъикӏаб буго маммография. Ахираб заманалда цӏикӏкӏунеб буго кӏудияб бакьалда рак унти бугезул къадарги. Гьединлъидал 49 соналдаса тӏадехун ругезул гьелъулги халгьабизе буго.\nЧӏегӏераб чай\nГӏадамасул чорхол сахлъиялъе кӏудияб квербакъи гьабула чаялъ. Гьелъул ватӏан ккола Индия ва Китай. Россиялде гьеб щвана XV гӏасруялда. Тӏоцебе чай гӏезабизе байбихьана Батумиялда ва Чаквеялда. Амма бищунго гӏемер хӏалтӏизабула чӏегӏераб чай.\nЧаялда гъорлъ букӏуна: 4 процент кофеиналъул, 18 процент алколоидалъул, 16-25 процент органикиял гурел кислотабазул, 27 процент крахмалалъул, 20 процент клетчаткаялъул. Рукӏуна гьединго гӏемерал витаминал, квен биинабиялъе хӏажалъулел ферментал ва гликозидал, каротин, теафловин ва фитонцидал. Чаялда гъорлъ рукӏунел витаминазул къадар апельсиналъул ва лимоналъул соказда гъорлъ рукӏунездасаги 4 нухалъ цӏикӏкӏуна.\nХалкъияб медицинаялда чай хӏалтӏизабула чорхол гӏаммаб хӏалтӏи рукӏалиде ккезабиялъе, би хӏалтӏизабиялъе, рухӏ дагьлъи, бетӏер свери нахъчӏваялъе, квачалъул яги ботӏрол унти сах гьабиялъе.\nЧаялда цадах хӏалтӏизабизе пайдаяблъун рикӏкӏуна лимон, гьелъ кваниде гъира базабула. Гӏечул къанцӏагун ялъуни гьоцӏогун цадахъ чай лъикӏаб буго полиатрит, ччорбазул ялъуни суставазул унтаби ва ларингит унти бугеб мехалъ. Чаялъ би бацӏцӏад гьабула, квен бихӏинабиялъе квербакъула, кванирукъ щула гьабула, къеч буссинабула, гӏадалнахул хӏалтӏи роцӏцӏинабула. Гьанжесеб медицинаялда рекӏедаса арав чиясе цӏияб чӏегӏераб чай кьола. Гьелъ рукӏалиде бачуна рекӏел хӏалтӏи, кьола къуват ва хӏалтӏуде гъира базабула."}
{"slug": "861-khinab-khasel-bagiari-tsiikikiarab-oktyabr", "url": "https://hakikat.info/?nationals=861-khinab-khasel-bagiari-tsiikikiarab-oktyabr", "title": "Хинаб хасел, багӏари цӏикӏкӏараб октябрь", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналде дандеккун, кинаб сипатха бугеб Татарстаналъул?\nГӏанкӏудал тӏанчӏи хасалихъе рикӏкӏунин, хӏасилалъухъ балагьун къиматги кьолин абураб абиялъул гъваридаб магӏна букӏин дагъистаниязда бихьана гъоркьиса. Республикаялда хиса-баси ккечӏого рес гьечӏеблъи бихьизабулел сипатал — гьабулеб бицунелде дандекколарого букӏинги, къойидаса-къойиде къачӏан, чӏухӏизабун бицунеб гӏемерлъулеб букӏинги, бугеб хӏакъикъат загьирлъизе бокьунгутӏиги якъинго баянлъана цо-кӏиго соналъ цебего. ДРялъул бетӏерлъуде тӏамуралдаса, хасго тӏоцебесеб бащалъуда, Рамазан Гӏабдулатӏиповас рицунел рукӏарал харбазги, кьолел баяназги, рачунел хӏужабазги гӏадамазулъ рижизаруна кӏудиял хьулалги божилъиги. 2013 соналдаса нахъе, гьесул нухмалъиялда гъоркь щибго пайдаяб хӏалтӏи гьабичӏин абураб пикру битӏараблъун рикӏкӏине кьучӏ гьечӏо — лъица щиб абуниги, лъалеб хӏалалда гӏодобе буссана терроралъул хӏалуцин, рекъараб туркӏи щвана промышленнияб производствоялъе, росдал магӏишаталъул цо-цо бутӏабаз (цӏолбохъанлъи, теплицабазул магӏишат) борхана бетӏер, ралел бакӏал (гӏунгутӏабазул бицинчӏого тани) гӏемерлъана, лъикӏаб даражаялъул нухал гьаруна мугӏрузул чанго районалде. Амма гьабулеб лъикӏабгицин дагь-дагьккун сверана харбиде, къеда лъураб кирпичги, бахъараб галиги ва гьеб даражаялъул хӏужабиги ккана реццалъе мустахӏикъаллъун.\nНух битӏаги, лъикӏ щварав\nНухмалъулесул тах ирсалъе кьураб бакӏ гуреблъи, гӏуж щведал цояв ун, цогидав вачӏине кколеблъи кигӏан лъикӏ лъаниги, октябрь моцӏалъул хиса-басияз гьадинаб свери боси, хӏакъаб жо, гӏемерисезе ккана ракӏалдаго гьечӏеб лъугьа-бахъинлъун. Гӏабдулатӏиповги ун, Гӏумаров, Гӏалиев, ялъуни Мухӏамадов гурев, Васильев вачӏине бегьулеблъи дагъистаниязда макьилъцин бихьун букӏун батиларо. Путинил макьу къотӏизесев чиги нилъеда гьоркьов вати щакаб бугелъулха… Лъабго миллион чи вугеб республикаялда цониги мустахӏикъав чи ватичӏогойищ, рикӏкӏадасаги вачун, я нилъ, я нилъеда лъаларев чи тӏамизе кколевин абураб суалалъе батила гьадинаб жаваб: Дагъистанги Россиялъул цо бутӏа букӏин; Москва рикӏкӏада бугониги, цо-цо хӏужаби дораса лъикӏ рихьулел рукӏин; бакӏалдасаго чи тани, нахъеги нижералин-дозулалин абурал рикьалаби раккунгутӏиялда кигӏан дагьабгӏаги ракӏчӏей гьечӏеблъи. Тӏамуна Васильев, щибха хисараб? Гьабунищ хӏурият? Гьабичӏо, гьеб гьаби гьесул ялъуни гьев гьаниве витӏарасул мурад, масъала букӏунги батиларо. Амма къокъабго заманалда жаниб хабар дагьав, чӏванкъотӏарал ишазул бетӏергьан Владимир Васильев вакканин ккола кьучӏдаса тӏаде. Гъваридаб ва гӏатӏидаб халгьабиялъул мурадалда Дагъистаналде ахӏана Россиялъул гӏемерал регионазул (Северияб Кавказалъул хутӏун) вакилзабаздаса гӏуцӏараб прокуроразул кӏудияб къокъа. Гьезул хӏалтӏул байбихьиялъул хӏасилги ккана хӏукуматалъул бетӏер, гьесул заместителал, лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр ва цо-цо цогидалги жанир лъей. Гьелда цадахъго цӏех-рех гьабиялъул федералиял идарабазул жавабиял хӏалтӏухъабазда (ва Васильевасда) цебечӏана тамашаяб сурат — Москваялде (Пятигорскалде, Ессентукиялде) «рачине» ишаналде росарал Дагъистаналъул хӏакимзабазул ирга буго цӏакъго халатаб. Гьел киналго «доре» рачани, щалгун хӏалтӏизе вугев нухмалъулев, рачинчӏого тани, кин гьелгун хӏалтӏизе кӏолеб? Гьеб суалалъ рахӏат толарого бугин ккола Васильевасе. Гьелда цадахъ, метердай рачӏина дихъе «гьалбал», сезедай абун ругел хӏакимзабазул хӏалтӏи кинаб букӏунеб? Гьел бигьаял масъалаби гуро.\nДагъистан — Татарстан\nАхирал моцӏазда лъалеб хӏисабалда цӏикӏкӏана кӏиябго республикаялда гьоркьор бухьенал. Гьарзаго доре-гьанире хьвадулел официалиял делегациязе гьеб нух лъугьун батила цӏакъго гӏагараблъун, жидерабголъун. Васильевас рагӏун ва рагьун лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Дагъистаналъе Татарстан бугин стратегияб (цӏакъго кӏвар бугеб) партнер абун. Гьелъие нугӏлъун, гӏемер бицунеб хӏужалъун ккола нилъер республикаялъул хӏукумуталъул бетӏерлъун Татарстаналъул экономикаялъул министр Артем Здунов тӏамиги. Хӏукуматалъул гӏуцӏиялъул, экономикаялъе чӏаголъи кьеялъул рахъалъ гьес тӏамурал тӏоцересел галабазги (налогал ракӏариялъул жаваб кьолев хасав вице-премьер, вице-премьерасда тӏадкъалеб кӏвар бугеб министерство, премьерас жаваб тӏаде босулел экономикаялъул аслиял рахъал ва цогидаб) бицунеб буго Татарстаналъул хӏалбихьи нилъехъеги щвезехъин букӏин. Щаклъи гьечӏо, гӏагараб заманалда жаниб министерствабазул (кӏигояб цойиде бачун) ва гьенир хӏалтӏулел чиновниказул къадарги дагь гьабизе букӏиналда. Бихьулеб буго министразул гӏаммал рагӏабаздехунги гьесул кӏудияб божилъи гьечӏеблъи, тӏалаб гьарулел руго чӏванкъотӏарал, ритӏухъал баянал, тарихал. Гӏаммаб куцалда, Дагъистаналде дандеккун, кинаб сипатха бугеб Татарстаналъул? Республикаялъул ракьалъул гӏатӏилъи буго 67,8 азарго кв км (Россиялда 44 бакӏ), Дагъистаналъул — 50,3 азарго кв км. Тахшагьар — Казань, 1.2 млн чи, Москваялде буго 800 км. Махӏачхъалаялда вуго 700 азарго чи, Москваялде буго 2166 км. Аслияб тӏабигӏияб бечелъи — нарт, гьелъул букӏине бегьулеб, хӏисаб гьабураб нахърател бащалъула 800 млн тоннаялда (цо-цо баяназда рекъон, 1 млрд тонна). Лъагӏалида жаниб гьениб бахъула 30 миллионгӏанасеб тонна. Дагъистаналда ва Каспий ралъдал нилъер бутӏаялъул тӏинда букӏине бегьулеб, хӏисаб гьабураб нартил нахърател буго 280 млн тонна (цо-цо баяназда рекъон букӏине бегьула чанго нухалъ цӏикӏкӏунги). 2017 соналда нилъер гьаниб бахъана нартил 150 азарго тонна (2016 соналдаса 16 проценталъ дагь). Бищун цӏикӏкӏараб къадар нартил Дагъистаналда бахъана 1970 соналда — 2.2. млн тонна. Татарстан буго цӏакъго цебетӏураб экономика бугеб регион, гьеб рахъалъ Россиялъул киналго регионазда гьоркьоб гьеб республикаялъ ккола анлъабилеб бакӏ. Республикаялда хӏадурараб къайи-цӏаялъул ва гьарурал хъулухъазул гӏаммаб багьа (ВРП) 2017 соналда бахана 2 трлн гъуршиде (цебесеб соналдаса 2.8 проценталъ цӏикӏкӏун). Татарстан уна Россиялъул 12 регион-доноразде (жибго жинцаго хьихьулеб ва федералияб бюджеталде гӏарац кьолеб) гьоркьобе. Гӏумру гьабизе бищунго лъикӏаллъун рикӏкӏунел Россиялъул регионазда гьоркьоб Татарстаналъ ккола ункъабилеб бакӏ (Москва, Санкт-Петербург, Москва область, Татарстан). Къватӏисел пачалихъаздаса щибаб соналъ гьениве вачӏуна 250 азарго турист. Дагъистаналъул экономика Россиялъул регионазда гьоркьоб гьабсагӏаталда буго 35-абилеб бакӏалда. Гьеб ахирисеб бакӏ гуро, амма нилъер ругел шартӏазда рекъон нилъ рохизесеб хӏужаги гьеб кколаро. Татарстаналда гӏумру гьабула 3.9 млн чияс (Россиялда микьабилеб бакӏ) – 53 % татарал, 40 % гӏурусал, 3 % чувашал, хадур удмуртал, башкирал ва цогидалги, гьединго кӏиазаргогӏанасев дагъистаниявги. Дагъистаналда гӏумру гьабула 3.1 млн чияс, гьезда гьоркьов вуго 4 азаргогӏанасев татаравги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "862-volonterazul-son-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=862-volonterazul-son-2018", "title": "Волонтеразул сон — 2018", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Лъикӏлъи гьабиялъе гӏорхъи букӏунаро\nВолонтеразул кумек киназдаго гуро бихьулеб. Амма гьелъул кӏудияб кӏварги пайдаги буго\n24 февралалда Магӏарул театралда тӏобитӏараб Дагъистаналъул миллиял мацӏазул байрамалъул хӏурматалда, гьеб минаялъул жанахӏалда рагьун букӏана миллиял газетазул редакциязул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунел, ахирал соназда магӏарул мацӏалда басмаялда рахъарал тӏахьазулгун журналазул, руччабазул некӏсияб ратӏлил выставкаби. Гьездаса батӏаго, столалда тӏад лъун рукӏана лъималаз гьарурал батӏи-батӏиял тӏагӏалабиги. Нижеца гара-чӏвари гьабуна гьеб выставка-аукционалъул жавабияй, ДРялъул медуниверситеталъул кӏиабилеб курсалъул студентка Бакьайчӏиса Хӏамзатова Гӏунайзатилгун.\nГьелъ бицана гьаб бугила «Социалияб сеть» абулеб волонтеразул клубалъгун гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъ гӏуцӏараб, ракалъ унтарал лъималазул хӏалтӏабазул выставка-аукцион. Лъабабилеб сон бугила батӏи-батӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул тадбирал тӏоритӏулел ругелдаса, амма исана гурони къватӏире рахъун, гьадинаб выставка-аукцион тӏобитӏун букӏинчӏила. Лъималазул гьадинал хӏалтӏаби жидеца Интернеталдасан ричулила.\nВыставка-аукционалда лъун ругоан ракалъ унтарал 6-14 сон барал лъималаз гьарурал хӏалтӏаби. Гьел руго гӏемерисеб заман больницабазда тӏамулел, щибго батӏияб-цӏияб жо бихьуларел, къватӏире рахъунарел лъимал.\n— Гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъ росула гьел хӏалтӏабазе къваригӏунеб бисер, фисташка, кофе, бакъвараб хер, цӏулал гӏучӏал, пластмассаялъул алатал. Волонтераз лъималазда малъула ва гьелгун цадахъ лъугьун гьарула батӏи-батӏиял расанкӏаби, композициял ва сюжетиял хӏалтӏаби. Гьел ричун щвараб гӏарцул бащалъиялъухъ росула тӏадехун рехсарал материалал, кӏиабилеб бащалъи хвезабула лъимал сахгьариялда, гьезие кванил нигӏматал, альбомал, къалам-кагъат, пластилин ва цогидабги босиялъе. Тохтурзаби цӏакъ рази руго нижер хӏалтӏудаса, гьез абула нужеца гьабулеб хӏалтӏи кколин унго-унгояб арт-терапия. Унтарал лъималги жидерго хӏалтӏабаздаса рохун ва чӏухӏун рукӏуна, — ян бицана Гӏ. Хӏамзатовалъ.\n— Гӏунайзат, кин ричулел лъималазул хӏалтӏаби, гӏадамаз гьел росулищ?\n— 100-200, бищунго хирияб 650 гъуруш буго лъималазул цо хӏалтӏул багьа. Рак унтиялъ кӏвекӏулел лъималазе садакъа кьезе, гьезие кумек ва лъикӏлъи гьабизе бокьарал чагӏаз гьел росула. Гьел лъималазе гӏумру гьабизе бугеб захӏмалъи бихьани, нилъер гӏадамал гӏедегӏилаан гьезие кумек гьабизе, гьал хӏалтӏабиги гьез гъираялда росилаан.\n— Чан волонтер вугев нужер клубалда, нужеца цоги лъие кумек гьабулеб?\n— Кинавниги вуго 50 чи. Ниж уна лъималазул ва херазул рукъзабахъе, щола ветераназухъе, школазде. Лъутун рачӏаразул лъимал ясли-ахазде ва школазде унаро, гьезул лъималазе волонтераз чӏорого кьола гӏурус мацӏалъул, хӏисабалъул ва цоги предметазул дарсал, гьабула бажарараб кумек.\n— Щив чи кколев волонтер, кинал чагӏи нужер мухъилъе росулел?\n— Волонтер ккола къварилъиялда, язихълъиялда, пакъирлъиялда ругел, талихӏалъ мугъ рехарал чагӏазе, жидерго ракӏалъ ахӏун, чӏобого кумек гьабулев чи. Волонтерлъи ккола щивав чияс гьабизе бегьулеб хӏалтӏи. Гьезул мухъилъ руго студентал, инженерал, учительзаби, журналистал, бизнесменал, школлъимал… Гьел ккола чияе лъикӏлъи гьабизе бокьиялъ унтарал чагӏи.\nГӏумру ва гӏаданлъи гӏарцудалъун борцунаро. Къварилъиялда ругезе кумек гьабизе бокьарал чагӏи нижеца волонтеразул мухъилъе лъугьине ахӏулел руго. Нижер офис буго гьаб адресалда: Махӏачхъала, Ярагъиясул къватӏ, 8. Гьениб кӏалъа-басай гьабула, анкета цӏола ва дандекколел чагӏи волонтеразул мухъилъе росула. Бокьани, ахӏизе бегьула нижер клубалъул гьаб номералде: 8-988-447-77-74.\n— Волонтерлъи гьабизе бокьарал гӏолилазда дуца щиб абилеб?\n— Цохӏо живго хутӏарав пенсионерасе кумек гьабизе бокьани, чара гьечӏого волонтерлъун яги кинабалиго гурхӏел-рахӏмуялъул фондалда хӏалтӏулев вукӏине кколаро. Гьайгьай, ятила дур кумекалде хӏажатай херай гӏагарай гӏадан яги мадугьалихъ ватила унтарав яги язихъав пенсионер: кумек гьабе гьезие тукадаса кванил нигӏматал росизе, рукъ бакӏаризе. Херал чагӏазухъа бажаруларо хвараб холодильник яги ретӏел чурулеб машина къачӏан, гьезул чӏаголъи гӏоларо гӏиси-бикъинал рукӏа-рахъиналъул масъалаби тӏуразарун, – ахӏе гьезухъе рукӏа-рахъиналъул хъулухъалъул махщелчагӏи. Гьебги ккола унго-унгояб кумек.\nХеразе кумек гьабизе бегьула батӏияб къагӏидаялдаги: бокьараб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул счеталде битӏе 10-50-100 гъуруш. Дуе гьеб дагьаб гӏарац ккола, амма хӏасилалда гӏезегӏан къадаралда гӏарац бакӏарула.\nМажгиталде щвезаре лъималазул расанкӏаби. Хӏажатазе гьениса гьел кьола.\nРукъ гьечӏесе босе чед ва чай – гьелъги кумек гьабила гьев хинлъизе.\nХерасе бакӏал сумкаби рокъоре росизе кумек гьабе.\nСоциалиял мухъаздасан бице гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул ва кумекалде хӏажатал чагӏазул хӏакъалъулъ.\n— Чияр цӏобалде ккарал гӏадамазул цӏаралдасан, волонтеразул клубалъул рахъалдасан «Хӏакъикъат» гьоркьобккун, лъие баркала кьезе дуе бокьилеб?\n— Кӏудияб баркала буго мискин-пакъирасухъе кумекалъулаб квер бегьулев щивав чиясе. ДРялъул казначействоялъул тӏоцебесеб гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул учредитель ккола Мухӏамадов Сагӏидхӏусен. Аслияб къагӏидаялда гьес гьабула нижер хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гӏарцулаб кумек. Жакъа гӏадинал выставкаби-аукционазул тадбирал тӏоритӏизе кумек гьабула «Социалияб мухъ» абулеб волонтеразул клубалъул нухмалъулев Хӏажи Хӏажикъурбановас. Гьезие буго нижер рахъалдасан кӏудияб баркала.\n16-21 февралалда Дагъистаналда тӏобитӏараб «Лъикӏал ишазул къоял» абураб республикаялъулаб акциялда гӏахьаллъана лъабазарго волонтер. Республикаялъул шагьаразда ва росабалъ гӏолилал щвана рагъул гӏахьалчагӏазухъе ва социалиял идарабазде, бацӏцӏана ва берцин гьабуна сверухълъи, тӏоритӏана би кьеялъул акциял ва гьаруна гӏадамазе пайдаял тадбирал. Гьезул хӏасилалда тӏобитӏараб 80 акциялда кумек гьабуна 14 азарго чиясе. Щивасе рес буго гьединал тадбиразулъ гӏахьаллъизеги къварилъиялда ругезе бажарараб кумек гьабизеги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "863-khiukhduzda-tiad-gaburab-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=863-khiukhduzda-tiad-gaburab-khialtii", "title": "Хӏухьдузда тӏад гьабураб хӏалтӏи", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гъотӏоеги бегьула кьезе кӏиабилеб гӏумру\nМахӏачхъала шагьаралъул администрациялъул минаялда аскӏоб бугеб ахикье ракӏарун ратана гӏемерал гӏадамал. Гьел ралагьун ругоан «херлъарал» гъутӏбиги къотӏун, гьезул хутӏарал хӏухьдузда тӏад художник-скульпторас гьабураб некӏсияб магӏарул кӏиго росдал художествиял композициязухъ. Скульпторасул махщел гӏун буго некӏсияб росдал тӏубараб сурат цебечӏезабизе. Тӏуцал минаби, гьезда гьоркьоса рахъ-рахъалде унел гьетӏ-гьетӏарал, чӏедерал нухал, росутӏарада даималъго хъаравуллъиялда эхетараб си, гьелда аскӏобго росдал мажгит…\nГӏажаибаб асар гьабуна диегоги гьеб берцинлъиялъ, ракӏалдещвана нижерго басрияб Гьентӏа росу, гӏадамазул букӏараб мискинаб гӏумру, хӏатӏал гӏицӏаб, амма талихӏаб лъимерлъи. Бихьулеб букӏана цогидазеги гьеб хӏалтӏи цӏакъ бокьун букӏин. Гьез цӏехолеб букӏана художник-скульпторасул цӏар, амма лъалев чи ватичӏо. Дица рагӏи кьуна гьев валагьизе ва «Хӏакъикъаталдасан» гьесул хӏакъалъулъ цӏалдолездаги бицине.\nГьеб хӏалтӏи гьабурав лъабго художникасда гьоркьоса валагьизе кӏвана Гъуниб районалъул Чӏохъ-Коммуна росулъа Мухӏамад-Мирза Шагӏманов. Жамалил цӏаралда бугеб художествияб училищеги лъугӏизабун, гьев цӏалулев вуго Дагъистаналъул медучилищеялъул цаби-гӏусазул факультеталда. Цӏалудаго цадахъ Мухӏамад-Мирзаца художникасул хӏалтӏиги гьабулеб буго.\nХӏухьдузда тӏад гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес: «Гьеб буго нижер учитель Магьди Мухӏамадовичас, дипломияб хӏалтӏи тӏубазабизе абун, нижее кьураб тӏадкъай. Хӏалтӏи гьабуна лъабго студентас: Сугъралъа Атрачев Мухӏамадица, Лак районалдаса Мирзаев Патахӏица (гьес гьабуна композициялъе хӏатӏул макет) ва дица. ДРялъул Культураялъул министерствоялъул минаялда цебе гьабураб гьебго темаялъул нижер дипломияб хӏалтӏуе щуйил къимат щвана. Дуца бицунеб бугеб ккола горзеленхозалъул заказалда рекъон гьабураб. Дица абиларо гьеб гьедигӏан кӏудияб гьунар-махщел къваригӏунеб хӏалтӏи бугин. Тӏадчӏун хӏалтӏани, бокьарав чиясухъа бажаризе батила жиндирго яги шагьаралъул ахикь, росулъ минаялда цебе къотӏараб гъотӏол рохтиялда гьединаб темаялда тӏасан скульптурияб композиция гьабун. Амма дие бокьиларо гьеб мурадалъе гӏоло цониги чӏагояб гъветӏ къотӏизе. Батӏияб хӏалтӏи ккола къотӏараб гъотӏол хӏохьода тӏад берцинлъи гьаби, ай гъотӏое кӏиабилеб гӏумру кьей».\nГьабизе ракӏалда бугелъул бицунаго, Мухӏамад-Мирзаца абуна риидал, Мухӏамад Атрачевгун цадахъ, Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда бугеб спортзалалда цебе бугеб бицатаб чӏалуялда тӏад жидеца гьабизе бугила магӏарул некӏсияб росдал темаялдасан тӏубараб художествияб композиция. Гьеб букӏинила тахшагьар берцин гьабиялъе жидер сайгъат. Бокьун бугила цогидал бакӏаздаги гьединалго хӏалтӏаби гьаризе. Заман гӏуни, планалда бугила чӏахӏиял ганчӏазда гьарурал гьединалго скульптуриял композицияз тахшагьаралъул паркал берцин гьаризе.\n— Мухӏамад-Мирза, гьеб махщел дуе киса щвараб, нужер тухумалда вукӏанищ гьелъие гьунар бугев чи?\n— Дир кӏудадал эмен Мухӏамад-Мирзада (гьесул цӏар лъурав вуго дун) анкьгьунарилан абулеб букӏун буго. Гьесул букӏун буго суратал рахъизеги скульптураби гьаризеги лъикӏаб махщел. Дир эменги вукӏана художествиябгун графикияб институт лъугӏизабурав чи, кӏудияб махщел букӏана гьесул, кьер-кьерал цӏорол кескал данде гьарун, батӏи-батӏияб сюжетазул композициял гьаризе. Гьеб ккола цӏикӏкӏараб гьунаралъул художникасухъа гурони гьабун бажарулареб захӏматаб хӏалтӏи. Дирги анищ буго витраж ва цӏул цадахъ хӏалтӏизабулеб рукъзабазул дизайн абулеб хӏалтӏуде машгъуллъизе.\n— Мун гӏахьаллъанищ художниказул выставкабазда?\n— Цохӏо нухалъ гӏахьаллъана, «Басрияб росу» абулел дир суратал лъун рукӏана Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб выставкаялда. Балагьараз гьезие лъикӏаб къиматги кьуна.\n— Цого квералъ кӏиго хъарпуз кквезе бегьуларин абулаха…\n— Дуца гьабулеб бадибчӏваялъул магӏна бичӏчӏана. Амма ракӏалда буго цаби-гӏусазул тохтурлъиги художник-скульпторасул хӏалтӏиги цадахъ бачине. Цӏализе дун лъикӏав вугин абиларо, амма практика лъикӏ унеб буго. Щайгурелъул дие бокьула квераз гьабулеб хӏалтӏи.\n— Мухӏамад-Мирза, букӏине кколедухъ бицине магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏолъиялъе гӏилла щиб?\n— Битӏараб буго, магӏарул мацӏ дида лъикӏго лъаларо, гьеб буго дунго нечолеб хӏужа. Гьединлъидал дица диего рагӏи кьун буго, рагӏа-ракьанде щвезабун, исана рахьдал мацӏ лъазабизе.\n— Гӏумру гьабиялъе гӏураб гӏарац гьабулеб буго дуца. Кидаха рукъалде вуссине вугев?\n— Хъизан гьаби ва лъимал гӏезари ккола кӏудияб жавабчилъи. Гьединлъидал, лъикӏаб ресалде вахинчӏого, бертин гьабиялда тӏад дие ургъизецин бокьун гьечӏо. Лъеберго сон бараб мехалъниги дун гьеб даражаялде вахина, гьеб мехалъ дица мунги берталъе ахӏила.\n— Нилъеца гара-чӏвари «Устарзабазул шагьар» абун цӏар кьураб бакӏалда гьабулеб бугелъул, устарзабаз, художниказ ва скульптораз гьаниб гьабураб хӏалтӏуе дуца кинаб къимат кьолеб?\n— «Устарзабазул шагьар» чӏухӏизабун къачӏан буго цӏакъ лъикӏаб махщалил устарзабаз. Гьаб буго республикаялъул цогидал шагьараздаги районаздаги жидерго паркал ва скверал къачӏаялъе бихьизабулеб мисал ва кьолеб унго-унгояб дарс. Гьаб берцинлъиялъ дие кӏудияб асар гьабуна. Диеги бокьун буго гьаниб бутӏа лъезе. Дун ургъулев вуго дицаго гьабураб цӏулал скульптура яги кинаб бугониги магӏарул росдал сюжеталъулаб композиция гьаниб киндай тӏаде жубалебилан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "864-bakhiarchiyasul-khiurmatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=864-bakhiarchiyasul-khiurmatalda", "title": "Бахӏарчиясул хӏурматалда", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Арзулумил дарсал\nГуни росдал школалда тӏоритӏана районалъул\nГуниялдаса Россиялъул Бахӏарчи, полковник Арзулум Илясов кидаго вукӏана гӏолилазе мисаллъун. Гьесул гӏумру букӏана Дагъистаналда терроризмалде ва экстремизмалде данде гьабулеб къеркьеялда ва республикаялда гӏадлу-низам цӏуниялда щулаго бухьараб. Гьесул бетӏерлъиялда Дагъистаналъул СОБРалъ гӏахьаллъи гьабуна Северияб Кавказалда ккарал гӏемерал тунка-гӏусиязулъ. Гӏолеб гӏелалъе Арзулум цӏакъ вокьулаан ва гьесде божилъиги гьабулаан. Районалъул гӏолилазул ахӏиялда рекъон, Арзулум вихьизавун вукӏана жиндир заманалда Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде депутатлъиялде кандидатлъунги.\n25 февралалда, гьев цӏалараб Казбек районалъул Гуни росдал школалда тӏоритӏана районалъул школазда гьоркьоб рагъулалгун спортивиял къецазул турнир. Гьеб къоялъ росулъе рачӏун рукӏана СОБРалъул хӏалтӏухъабиги. Гьез жидерго вукӏарав командир ва рагъулав гьалмагъ Арзулумие росдал школалда бараб памятникалда аскӏоб автоматазул кьвагьиялдалъун хӏурмат гьабуна.\nСОБРалъул отделениялъул нухмалъулев, подполковник Хӏасан Шагӏбановас абуна Арзулум жидее гьабулеб ишалъулъ кидаго гвангъараб мисаллъун вукӏанилан. Данделъиялда цӏалдохъабаз цӏалана А. Илясовасде гьарурал кучӏдулги.\nГьединго турниказда гьунарал рихьизаруна Воркауталъул (къватӏазда гьарулел, чорхол сахлъи цӏуниялъул тадбирал) Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул президент Сагӏид Моллаевасул нухмалъиялда гъоркь бугеб М.А.D. командаялъул гӏахьалчагӏазги. Балагьаразе гьезул церерахъиназ кӏудияб асарги гьабуна.\nКъецазда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Гертма росдал, кӏиабилеб — Гуниязул ва лъабабилеб — Буртунай школазул командабаз. Ункъабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Инчха росдал школалъул цӏалдохъаби.\nВатӏан цӏунулезул къоялда хурхун щибаб соналъ тӏобитӏулеб гьеб тадбиралда кӏалъазе рахъараз бицана гӏолеб гӏелалъе гьединаб тарбия кьей хасго гьаб заманалда цӏакъго хӏажат бугилан. Арзулум жакъаги гьезие гӏицӏго мисал гуревги, гӏолилазе дарслъунги кколилан абулеб букӏана гӏахьалчагӏаз.\nГьел къецал гӏуцӏиялъе хӏаракатчилъи бихьизабуна росдал администрациялъ ва Дагъистаналъул Цӏех-рехалъул комитеталда хӏалтӏулев юстициялъул подполковник, Бахӏарчиясул вас Элдар Илясовас, школалъул военрук М. Мажидовас.\nГьединго дандчӏваялда гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул Хӏинкъигьечӏолъиялъул советалъул секретарь Гӏ. Гӏабдулмуслимовас, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏ. Камаловас, Дагъистаналъул Харабазул советалъул член, полковник А. Магьдихӏажиевас, Россиялъул мустахӏикъав художник, Арзулумие бараб памятникалъул автор Гӏ. Мухӏамадовас ва цогидазги.\nНижер мухбир"}
{"slug": "865-rakhdal-matsial-ul-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=865-rakhdal-matsial-ul-bajram", "title": "Рахьдал мацӏалъул байрам", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Магӏарул мацӏалъул ва маданияталъул фестивалалда\nРахьдал мацӏ –\nкъисматалде рагьараб каву\nГӏагараб магӏарул мацӏ. Унго-унгоги гьелъул берцинлъи. Гьелъулъ бугебщинаб къуват. Гьелъул кучӏдузги сариназги нухарегӏула щивав инсан гӏумруялъул нухде. Гьенибги дандчӏвала эбелалъул кечӏ. Магӏарул мацӏалда ахӏулеб. Щивасул рекӏел гъварилъуда сунарел лъалкӏалги гвангъарал расеналги толеб. Гӏагараб магӏарул каламалъ куркьбал гъола нилъер щивасул талихӏалда. Гьеб талихӏалдаса инкар гьабуразе мунагь букӏинарищ.\nГӏагараб миллат нурлъун гвангъизе, гӏоло мугӏрузда рещтӏараб бакъ. Гьелъул къисматалда накъишал рикӏулеб миллаталъул матӏу. Магӏарул халкъалъул къадруяб тарих къарнабаз наслабазе цӏунараб хӏикматаб жавгьар. Магӏарулазул гъасда бакараб, свине рес гьечӏеб чирахъ. Бищунго тӏадегӏанаб. Бищунго борхатаб. Цӏвабзазда цӏар хъвараб гӏагараб калам. Гьекъон, къеч хьвалареб гӏумруялъул ицц. Магӏарул мацӏ – къисматалде рагьараб каву…\nЩуабилеб… амма ахирисеб гуреб\n24-25 февралалда Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул ва Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул квербакъиялдалъун Магӏарул театралда тӏобитӏана рахьдал мацӏалъул ва маданияталъул щуабилеб фестиваль. Театралъул жанахӏ кьабун цӏун букӏана байрамалде рачӏараз. Киса-кибего магӏаруллъиялъул махӏ. Гьале магӏарул районазул газетазул выставка, гьаб цояб рахъалда – ансадерил устарзабазул цӏулал тӏагӏелалги гьоцӏдерил гӏарцул устарзабазул хӏалтӏабиги. Гьанибехунин абуни, магӏарул кечӏ-бакъан. Пандрида рачунел некӏсиял, умумузул бакъназ шавкъ щвезабурал магӏрулал гӏашикъго гӏенеккун рукӏана унго-унгояб магӏарул кочӏохъ. Добехунин абуни, аргъаналъул саринахъе сородулел лугбалгун магӏарул кьурди-хъаталда цоял. Гьалеха доб бокьараб миллат урхъизеги рухӏдаллъизеги бегьулеб, магӏарулазе киданиги свине ресго гьечӏеб гъансито. Гормендаби чӏварал, хъахӏмакказул сипаталда байрамалде рачӏарал мусудулги мугӏрузда тӏавап гьабулел пахруял цӏумазул суратазда горсверулъе журарал гӏолохъабиги, гьезие гӏумруялъул дарсал кьолел миллаталъул машгьурал вакилзабиги – унго, бугебдай дунялалда гьеб берцинлъи борцунеб роцен.\nБайрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана магӏарул мацӏалда тӏахьал къватӏире риччалел басмаханабиги. Магӏарулазул миллияб байрамалде ячӏун йикӏана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул рахъалъ министр Татьяна Гамалейги. Гьелъ магӏарулазда байрам баркана ва бицана министерствоялъ миллатазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏулги гӏолилаздаги цӏалдохъабаздаги гьоркьор тӏоритӏулел конкурсазулги хӏакъалъулъ.\nБайбихьана аслияб бутӏа\nГьеб сайгъат гьабун букӏана магӏарул мацӏалъул учительзабазе ва гьезул цӏалдохъабазе. Сценаялда жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна гьез. Ахӏана ва рикӏкӏана кучӏдул, рихьизаруна кьурдабиги спектаклязул бутӏабиги. Щибаб районалъул жиндирго маданиятги гӏадаталги ругел гьел церерахъиназ пана гьарун рукӏана балагьарал.\nГьелдаса хадуб магӏарул мацӏ, адабият, маданият цебетӏеялъулъ жидеца бутӏа лъурал учительзабазе шапакъаталги кьуна Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ.\nФестивалалъул кӏиабилеб къоги байбихьана кечӏ-бакъаналдалъун. Урхъун рукӏун руго магӏарулал цоцазухъ. Рикӏкӏадасан гьеб киналдаго хадуб халккведал, рохелги пашманлъиги цадахъ букӏана. Рохел – гӏадамазул урхъиги рокьиги бихьун. Пашманлъи –унго-унголъунги бахъиладай нилъехъа гьеб талихӏилан абун. Абула, нилъеца тӏахьал цӏали тун бугилан. Амма гьеб къоялъ магӏарул мацӏалда хъварал тӏахьал росулел, шагӏирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун гара-чӏвариялда гӏолилал рихьидал, рекӏелъе рохел рещтӏунеб букӏана.\nЭркенаб микрофоналдасан кучӏдул ахӏизе ва рикӏкӏине, кьурдизе, гӏагараб каламалъул хӏакъалъулъ рагӏи абизе ихтияр букӏана бокьарав чиясул. Гьенир цере рахъараз хӏасратго бицунеб букӏана рахьдал мацӏалде жидерго бугеб рокьул хӏакъалъулъ. Киназего бокьун букӏана кӏалъазе ва мацӏ цӏунизе кколин, гӏагараб миллаталде ахӏи базе.\nШапакъатал ва сайгъатал\nГьелдаса хадуб байбихьана миллаталъул тарихалда жидерго хасал лъалкӏал толел ругел магӏарулазе шапакъатал кьезе. Гьел кьуна Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Шагӏбан Хӏапизовас. Шапакъатал щвана журналистазе, шагӏирзабазе, хъвадарухъабазе, гӏалимзабазе, Магӏарул театралъул артистазе, гьединго сахаватал ишал жидеца гьарурал магӏарулазе.\nФестивалалъул ахиралда театралъул артистаз бихьизабуна «Васигат» абураб спектакльги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "866-dandel-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=866-dandel-abi", "title": "Данделъаби", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Мацӏазул жавгьараздаса гӏуцӏараб халкъ\nРахьдал мацӏазул байрамкъо кӏодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги\nГьениб гӏуцӏун букӏараб данделъиялъул гӏахьалчагӏаз бицана къадар дагьал халкъазул мацӏазул бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Данделъиялда рихьизаруна агул ва цахур мацӏазда рахъарал цӏиял тӏахьалги.\nДГУялъул рахьдал мацӏал малъиялъул централъул директор Марина Хӏасановалъул пикруялда, байрамкъо тӏобитӏанилан абун, рахьдал мацӏал малъиялъул рахъалъ ругел масъалаби тӏуразаризе бигьалъулеб гьечӏо. «Хасго хӏалуцун буго къадар дагьал халкъазул мацӏал цӏуниялъул масъала. Гъоркьиса, ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон, гӏуцӏана рахьдал мацӏал малъиялъул центр. Гьелъул тӏоцебесеб данделъиялда бицана хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул масъалабазул хӏакъалъулъ. Жакъа гьоркьор лъолел руго къадар дагьал халкъазул мацӏазул масъалаби», — ян абуна гьелъ.\nДГУялъул филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевас кӏварбуссинабуна миллатал гӏемераб Дагъистаналда щибаб халкъалъул мацӏалъул ращадал ихтиярал рукӏине ккеялде. «Щивасе бокьула рахьдал мацӏ. Цояб мацӏ цогидаб мацӏалдаса тӏадегӏанаблъун гьабуни, халкъазул гьудуллъи жагъаллъизе бегьула. Нилъ цоцада ричӏчӏизе квербакъулеб, нилъер халкъал цолъизарулеб мацӏлъун буго гӏурус мацӏ. Гьебги дагъистаниязулги мацӏал ращадго церетӏезаризе ресал кьеялъулъ буго Дагъистаналъул цебетӏеялъе нух», — ан абуна деканас.\n«Дагъистан буго гьитӏинабго Россия – гьедин абизе бегьула, республикаялда гӏумру гьабулел халкъазул къадарги хӏисабалде босун. Гьаниб гӏасрабаз гьудуллъи-вацлъиялда гӏумру гьабулеб буго батӏи-батӏиял мацӏазулги диназулги вакилзабаз. Данделъиялда церелъурал цӏиял тӏахьаз нилъее нугӏлъи гьабула, къадар дагьал халкъазул мацӏал цӏуниялъе республикаялъул нухмалъиялъ кӏваркьолеб букӏиналъе», — ян пикру загьир гьабуна данделъиялда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Фикрет Ражабовас.\nЩивасда тӏадаб борч\nДанделъиялдаса хадуб филфакалда тӏобитӏана миллияб маданияталъул байрам. Гьеб рагьана Шабан Мазанаевас. «Мацӏ буго щибаб халкъалъул маданият цӏунулеб багьа хирияб жавгьар. Нилъеда щивасда тӏадаб буго рахьдал мацӏ цӏунизе, гьеб рокъоб лъималаздаги школалда цӏалдохъабаздаги малъизе. Дир ракӏ бохула, рахьдал мацӏ цӏунизеги цебетӏезабизеги бажари бугел преподавателал факультеталда рукӏиналдаса. Гьез гӏолохъанаб гӏелалъухъе кьолеб буго гӏагараб маданияталде рокьиги рахьдал мацӏ цӏунизе шавкъги. Гьезул нух тӏасабищарал гӏолилал рукӏинги ккола нилъер талихӏлъун», — ан бицана гьес.\nМазанаевас хӏурматалъул грамотаби кьуна вузазда гьоркьор тӏоритӏарал рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги олимпиадабазда чӏел босарал студентазе.\nГьелдаса хадуб студентаз цӏалана Кавказалъул халкъазул мацӏазда хъварал кучӏдул.\nАваразул калам…\nДагъистаналъул лъайкьей цебетӏезабиялъул институталда тӏобитӏана кучӏдул цӏалиялъул къец\nИсана къец гӏуцӏана микьабилеб нухалда. Институталде рачӏун рукӏана 50 районалдаса 400-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъанги гьезул учительзабиги. Гьел ккола 11 классалъул цӏалдохъаби.\nГьез цӏалана Расул Хӏамзатовасулги, Фазу Гӏалиевалъулги, Залму Батировалъулги, Гӏумарла Батирайилги, Йирчи Хъазахъилги, цогидал шагӏирзабазулги асарал. Цо-цо цӏалдохъабаз кучӏдул ахӏулелги рукӏана. Цо-цояз хӏадурун букӏана кочӏол музыкалиябгун кьурдул композиция. Цӏалдохъабазул гьунаралъе къимат кьуна жюриялъ. Къецазул хӏасилалда пасихӏго кечӏ цӏализе гьунар бугевлъун рикӏкӏана Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул цӏалдохъан Мурад Абутӏалимов. Кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана: Гӏусман Чупалаев, Буйнакск шагьаралъул №6 школа, Муи Шамилова (Цӏумада районалъул Гьигьалъ росдал гьоркьохъеб школа), Чакар Гӏалибегова (Гумбет районалъул Мелъелтӏа росдал гьоркьохъеб школа). Лъабабилеб бакӏ щвана: Ахӏмад Гӏисалгӏумаровасе (Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал гьоркьохъеб школа), Патӏимат Хъарачуевалъе (ЦОДОУ ЗОЖ, Красносельская росдал гьоркьохъеб школа), Хадижат Мухӏамадовалъе (Унсоколо росдал гьоркьохъеб школа).\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "867-tsiadirabazda-l-uni-tvorchestvo-berguna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=867-tsiadirabazda-l-uni-tvorchestvo-berguna", "title": "Цӏадирабазда лъуни, творчество бергьуна", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["barkiyal"], "text": "Дир анищ — Шамил имамасе памятник гьаби\nСкульптор, РФялъул ва ДРялъул мустахӏикъав художник, ДРялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, гӏурус интеллигенциялъе, Мухӏамад Танкаевасе, Ирчи Хъазахъие ва гӏемерал цогидалги памятниказул автор, Гъуниб районалъул Салтӏа росулъа Гӏалихӏажи Сайгидовас 27 февралалда тӏубана 70 сон. Гьеб къоялъ редакциялде вачӏарав гьесулгун къокъабго гара-чӏвариги гьабуна.\n— Баркулаха, Гӏалихӏажи, юбилей. Кинал пикрабигун гьелда дандчӏвай гьабураб?\n— Цебехун гьабуралдаги хадубккун гьабизе ракӏалда бугелдаги тӏад ургъулаго.\n— Нахъа тараб творчествоялъулаб гӏумруялдаса рази вугищ мун?\n— Гьаб буго лъимерлъиялдаса нахъе дие бокьулеб букӏараб, сундухъниги хисулареб хӏалтӏи. Дица тӏасабищараб, дида жибги жинда дунги ватараб махщел бугелъул, кинха разилъичӏого вукӏинев.\n— Гӏумруялде рахъинаризе кӏванищ ракӏалда рукӏарал анищал?\n— Инсан чӏаго вугебгӏан мехалъ тӏуран лъугӏулел жал ратиларо анищал. Нилъер республикаялда гӏемерал рукӏана Шамил имамасе, Хъахӏал къункърабазе, Афгъанистаналда хваразе ва цогидал памятникал раялда сверухъ гӏуцӏарал конкурсал. Гьезул киназулъго дие тӏоцересел бакӏалги щвана. Амма гьезул цонигияб (гӏурус интеллигенциялъе хутӏун), дида рарал гурел, цо ричӏчӏуларел гӏиллабаздалъун гӏумруялде рахъинаризе кӏвечӏо.\n— Хадубккун щибха гьабизе ракӏалда бугеб?\n— Творчествоялъулав чиясул планал рукӏуна гьев чӏаго вугебгӏан заманалда, гьел гьечӏони, гӏумру гьабиялъул магӏнаго букӏунаро. Дир кидагосеб, жеги дица течӏеб хиял буго чода рекӏарав Шамил имамасе памятник гьаби. Цебегоялдаса нахъе букӏана «Эбелалъе» «Дагъистаналъул эбел» памятник базе пикруги. Рамазан Гӏабдулатӏиповасул разилъиги квербакъиги щун, хӏисабалде босун букӏана рорхун квералгун какилъ йигей эбелалъул монументалияб, 30-35 метр борхалъи бугеб памятник Тарки-Тау магӏарда (цебе Ленинил бюст букӏараб бакӏалда) базе.\nЗаманалдаса хисана гьеб пикру ва къотӏи ккана дагьаб гӏадатияб, монументалияб гуреб памятник Махӏачхъалаялъул централияб майданалда лъезе. Дун гьеб памятникалде тӏад хӏалтӏана 2 лъагӏелалъ. Хадуб Гӏабдулатӏиповги хъулухъалдаса ана, хӏалтӏиги чӏун хутӏана. Гьанже дир кӏудияб хьул буго гьеб суал тӏубаялъе республикаялъул цӏияв нухмалъулев Владимир Васильевас квербакъилин абураб.\n— Цӏадирабазда лъун борцани, хӏалтӏулъ творческияб рахъищ бакӏлъулеб материалияб рахъиш?\n— Тарихалде балагьани бихьула — гӏемерал художникал гьаб дунялалдаса ана язихълъиялда, гӏадамазда жидерго творчество бичӏчӏичӏого. Дирги буго дирго, Дагъистаналда гӏемераз жеги къабул гьабулареб къагӏида (стиль). Букӏуна хӏалтӏи яшав гьабиялъе гьабулеб, гьелда цадахъго букӏуна жиндирго хаслъи бугеб, хӏакъикъияб творчествоялъулаб хӏалтӏиги.\nГьабсагӏаталда рес буго дандекколедухъ гӏумруги гьабизе рекӏел анищал тӏураледухъ творчествоялдаса пайдаги босизе. Цӏадирабаздалъун борцани, бергьуна творчество, гьеб буго дир тӏинчӏ, гьелдаса тӏадегӏанаб щибго гьечӏо. Гьеб бергьинчӏони, гӏумруялъулги хӏалтӏулги пайда щиб?\nГара-чӏвари гьабуна\nГӏабаш Гӏабашиловас."}
{"slug": "868-medilab-fond", "url": "https://hakikat.info/?nationals=868-medilab-fond", "title": "«Медилаб фонд»", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Махӏмудихъ гьоболлъухъ\nРукьбалъ бугеб цӏеца цӏун буго дунял\nЩибаб март бачӏингун,\nмагӏарул чӏужу,\nМахӏмудил хабада\nлъе ихдалил тӏегь…\nГьадин хъвана рокьул гӏашикъасул хӏакъалъулъ Хӏамзатил Расулица. Гьеб кечӏ цоги нухалда ракӏалде щвана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччарал шагӏирасул тӏахьал цере росараб къоялъ. Библиотекаялде данделъун рукӏана гӏалимзаби, журналистал, студентал, учительзаби, цӏалдохъаби ва Махӏмудил шигӏрабазул борхалъуда жидедаги рещтӏен батулел магӏарулал.\n«Дагъистаналъул классикаялъул меседилаб фонд» проекталда рекъон, «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччазе байбихьун руго щибаб миллаталъул адабияталда сунарел лъалкӏал тарал рагӏул устарзабазул тӏахьал. Магӏарул адабияталъул классик, рокьул гӏашикъ, гӏишкъудал асир Махӏмудил кучӏдузул гьеб проекталда рекъон бахъараб тӏехь ккола тӏоцебесеб. Гьелда гъорлъе рачун руго жеги кирниги рахъун рукӏинчӏел шагӏирасул цо-цо кучӏдулги. Тӏехьалъе цеберагӏиги хъван буго гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас.\nДандеруссин нухда бачарав Зикрула Илясовас цоги нухалда ракӏалдещвезаруна шагӏирасул кочӏолаб дунялалъул балъголъаби.\nТӏехь данде гьабураб ва гӏемерал соназ гӏелмияб къагӏидаялда Махӏмудил адабияб гьунаралъул цӏех-рех гьабурав, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас бицана жиндирго гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилазул хӏакъалъулъ. Гьелъул аслияб хӏасил — берцинго къачӏараб, цӏалдолезул ракӏал тӏаде цӏалеб шагӏирасул асаразул кӏиго том.\nБацӏцӏадаб рокьул цӏураб шагӏирасул кочӏолаб дунялалде магӏарулал ахӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевас. Цеве вачӏунев вукӏана, пандур кодоб ккурав, рокьул гьелегьараб цӏаялъ ургьимесго гьалдезабурав, талихӏабги талихӏкъарабги рокьул бетӏергьан Хъахӏабросулъа Махӏмуд:\n— Тӏурун араб чанихъ чараги тӏагӏун,\nЧерхалда кор буго кидаго боркьун.\nКодоса тӏурараб тӏавусги бокьун,\nРукьбалъ бугеб цӏеца цӏун буго дунял…\nМахӏмудил рагӏабазда кучӏдул ахӏана Магӏарул театралъул артистал Патӏимат Хӏажиевалъ, Патӏимат Гӏисаевалъ ва ДГПУялъул студентка Патӏимат Камиловалъ. Гӏенеккаразе кӏудияб асар гьабиледухъ шагӏирасул кучӏдул рикӏкӏана Махӏачхъалаялъул №35 гимназиялъул цӏалдохъан Мухӏамад Халовас ва Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул рукъалъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Дудуевас.\nГӏажаибго панаяб асар гьабуна магӏарулазе ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимчи, тумав Гӏиса Гӏабдулаевас магӏарул мацӏалда Махӏмудил кучӏдулги рикӏкӏун гьабураб кӏалгъаялъ.\nКӏалъазе рахъарал ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимчи Мухӏамад Мухӏамадовас, Махӏмудил цӏаралда бугеб фондалъул председатель Мухӏамад Хӏасановас, Махӏачхъалаялъул №51 гимназиялъул магӏарул мацӏалъул учитель Зарият Базаевалъ, шагӏирасул кучӏдуздаса мисалалги рачун, бицана шагӏирасул рокьул улкаялъул бацӏцӏалъиялъулги, недегьлъиялъулги, хӏеренлъиялъулги, пасихӏлъиялъулги хӏакъалъулъ.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "869-respublikayal-ul-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=869-respublikayal-ul-giumru", "title": "Республикаялъул гӏумру", "date": "2018-03-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб бакӏалда — инсанасул ихтиярал\n19-23 февралалда республикаялде рачӏун рукӏана Россиялъул Президентасда цебе бугеб\nЖамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул гӏахьалчагӏи\nРоссиялъул Президентасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул хӏалтӏухъабазул аслияб масъала букӏана ахираб заманалда Дагъистаналда бикъа-хъамиялде, коррупциялде данде гьабулеб хӏалтӏул бугеб хӏалалъул халгьаби. Гьезие нухмалъи гьабулеб букӏана гьеб Советалъул председатель Михаил Федотовас.\nПачалихъиял идарабаздаги жамгӏиял гӏуцӏабаздаги гьоркьоб бугеб гъункиялда, цоцада ричӏчӏиялда бараб буго республикаялда инсанасе парахатаб, талихӏаб гӏумру гьабизе ва хӏалтӏизе санагӏатал шартӏал чӏезари. Гьезул бухьен лъикӏаб гьечӏолъиялъ квалквал гьабула церелъурал масъалаби тӏуразаризеги гӏадамасул социалияб гьумер берцинго цӏуниялъеги. Гьебго мурадалда нилъер республикаялъул бетӏерасда цебеги гӏуцӏун буго гьединабго Совет.\nАэропорталде рещтӏаралго, гьалбадерица сапар бухьана Гъизляр шагьаралде. Гьенир рукъулел рукӏана цебесеб къоялъ террористасул квердасан хварал руччаби. М. Федотовасги, М. Шевченкоцаги ва гьезда цадахъ рукӏаразги зигара бана хваразул гӏагарлъиялда.\nГьалбадерица гӏадамал тӏаде къабул гьаруна Махӏачхъалаялда, Каспийскалда, Гъизилюрталда, Буйнакскалда, Дербенталда, Хасавюрталда. Лъабго къоялда жанир гьел гӏенеккана 1260 дагъистаниясухъ. Гьел щвана республикаялъул аслиял, халкъалъул мурадал тӏуразариялда жидер хӏалтӏи бухьарал министерствабаздеги, Махӏачхъалаялда, Хасавюрталда ругел туснахъаздеги.\nАслияб куцалда гӏарзал рукӏана Жанисел ишазул министерствоялъ, полициялъ, судияз жидерго хӏалтӏулъ риччалел ругел гӏунгутӏабазда, гъалатӏазда, ритӏухъи гьечӏолъиялда тӏасан.\nСоветалъул членаз бихьизабуна Дагъистаналда хӏаталдаса ун гӏемерлъун рукӏин ракьул суалазда сверухъ раккулел дагӏбаби. Гьеб рахъалъ гӏей гьечӏеблъун бихьизабуна республикаялъул Буголъиялъул ва ракьазул сурсатаздаса пайда босиялъул министерствоялъул хӏалтӏиги, кӏварбуссинабуна гьенир ругел гӏунгутӏабаздеги.\nГӏажаиблъи гьабизе бачӏана туснахъалде ккарал 30 сониде рахинчӏел гӏолохъанал ясазул пикру гьабидал. Гьезда гьоркьор ругоан чи чӏваралги, наркотикал хӏалтӏизаруралги, гьел ричулел ратаралги. Гьезухъ балагьараб мехалда, ракӏалде кколеб букӏана гьезда тӏубанго гӏайиб батизе гьечӏилан. Гьезие тарбия кьурал эбел-инсуда, гьел куцараб школалъул нухмалъулезда лъицаниги щибниги абулеб гьечӏо. Гьелъ бицунеб буго нилъер жамгӏияб рокъобе кӏудияб къварилъи рещтӏун букӏиналъулги гьелдехун нилъеца дагьабгӏаги кӏварбуссинабулеб гьечӏолъиялъулги.\nГӏадамазулгун рукӏарал дандчӏваязда цеберехун бихьулеб букӏана инсанасул ихтиярал цӏуниялъулъ, гьезул мурадал тӏуразариялъулъ нилъер республикаялъул гӏуцӏабазул ва бакӏазда ругел нухмалъулезул хӏалтӏулъ кӏудиял гӏунгутӏаби рукӏин ва гӏадамасул мурад тӏубазе гьенир хӏалтӏулезул гъира гьечӏолъи. Гьез рази гьечӏолъи загьир гьабуна Махӏачхъала ва Каспийск шагьаразул нухмалъулезул хӏалтӏудаса. Аслиял суалазул цояблъун кколеб буго гӏолилазе хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъи. Хӏакимзабаз жидерго гӏагаразе гурони гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи гьечӏолъиялдаса, къватӏазул бугеб квешаб хӏалалдаса рази гьечӏолъи бихьизабун, кӏалъана Каспийск шагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏолилал.\nГьалбадерил гӏахьаллъигун ва тӏаде Дагъистаналъул жамгӏиял хӏаракатчагӏиги къабул гьарун, батӏи-батӏиял суалалги гьоркьор лъун, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана щуго «гургинаб стол». Республикаялда гьединго тӏобитӏана Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъулги Дагъистаналъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб гьединабго Советалъулги цадахъаб данделъи.\nРоссиялъул Президентасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул членаз рагӏи кьуна тӏатарал гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ гъваридго пикруги загьир гьабун, гьел тӏагӏинаризе гӏоло республикаялъул нухмалъулезе кумек гьабизе ва федералиял гӏуцӏабазул гӏайибалдалъун тӏурачӏого ратарал гӏадамазул гӏарзалги суалалги гӏумруялде рахъинариялъе кумек гьабизе.\nЗикрула Илясов,\nДагъистаналъул бетӏерасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул\nСоветалъул председатель"}
{"slug": "899-ruchchabazul-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=899-ruchchabazul-bajram", "title": "Руччабазул байрам", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["barkiyal"], "text": "Кин йигей, магӏарулай?\nНужер ракӏазулъа бакъ лъугӏугеги\nХъистаман-адал гъасда\nбатараб хинлъи\nХъистаман Султанбегова. Магӏарул шагӏир ва хъвадарухъан. Жамгӏияй хӏаракатчӏужу. Лъималазул рокьуца сверун ккурай талихӏай эбел. Жиндир гъасда гӏемерал руччабазда хинлъи батарай Хъистаман-ада. Диеги гьединайлъун хутӏизе йиго гьей хӏикматай магӏарулай. Гӏемер щола дун гьелъухъе ясал-шагӏирзабигун цадахъ. Гьелъ ургъун ратулелщинал проекталги, ниж тӏаде щвелалде. Гара-чӏварула, къватӏире рачӏарал цӏиял тӏахьазул бицун. Тӏоритӏула адабияталъул сагӏтал, кучӏдул пасихӏго рикӏкӏиналъул ва ахӏиялъул къецал, хӏатта, магӏарул хъвадарухъабазул асараздаса гӏуцӏула ва рихьизарула спектаклял. Хъистаман-адаца ракӏалдещвезарула магӏарулазул гӏадатал, гӏамалал. Хъистаманил гъасда бакун букӏуна кидаго сунареб цӏаги. Гьеб цӏадухъ цогӏаги нухалда хинлъи щваразе кӏиабизеги бокьула гьенире рачӏине. Абула, алжан эбелалъул хӏатӏикь букӏунила. Гьебин абуни, батана Хъистаманил ясал Ханикада, Хӏабизат, Аниятида. Кинха гьезда рухӏдаллъиларей — эбелалъеги гьелъул гьалбадериеги хъулухъалъе эхетарал хӏурулгӏинзабаз гьеб гъасда цӏунун бугебщинаб рокьиги цӏаги! Эбелалъухъе рачӏаразул гьез гьабун толеб хӏурмат!\nБаркула Хъистаман-ададаги гьелъул ясаздаги Микьабилеб марталъул байрам. Гьебгун цадахъ гьезул щиялъухъе рещтӏаги талихӏалъул бакъ. Гьелъул чӏораз гвангъизабураб къисматги кенчӏаги магӏарулалъул тӏадегӏанаб намусалъул борхалъиялда даимаб цӏвалъун.\nСалам, Савдат-эбел\nСавдатил цӏар бахъидал, дида чӏвала магӏаруллъиялъулго махӏ. Цее ячӏуна, рарал соназухъ халгьабичӏого, жегиги жан-жигаралда йигей, азбаралда цебе бугеб пастӏаний хӏалтӏулей лебалай магӏарулай. Савдат-эбел. Гьедин хӏеренго, недегьго абула гьелда гьей лъалез. Гӏабасилав лъалезда лъалаан гьейги. Шагӏирасухъе рачӏанщиназ цин гьей цӏехолаан. Шагӏирасул гӏумруялъул канлъун даим гьесул хьолбохъа камуларей йикӏарай Савдат гьанже дагьа-макъабго чиякълъиялъ къакъалей йиго. Гьеб бахчизеги хӏаракат бахъула гьелъ. Амма телефоналдасан кӏалъалелъул, жиндиего хириял ясазул гьаракь рагӏидал, магӏу кквезе кӏоларо гьелда. Вай, бабал тӏанчӏи, нужехъ урхъун йигеб куцха дунинги абун, гӏодун йиччан тола. Дунгиха, Савдат-эбел, духъ урхъун йигей. Дур тепсиялъухъгиха. Дуца бицунеб гьуинаб харбихъгиха.\nБаркула дуда, нижер Савдат-эбел, тӏаде щвараб ихдалил махӏазул цӏураб хӏайранаб байрам. Сахаватлъиялъул цӏураб дур минаялъуса талихӏалъул махӏ тӏагӏунгеги!\nБаркула, Патӏимат,\nМикьабилеб март\nГазеталда хӏалтӏулаго, гӏемерал гӏадамазулгун лъай-хъвай ккола. Гьезул щивас рекӏее кинаб букӏаниги асарги гьабула. Лъана дида Шамил районалъул Гьолокьа Хизроева Патӏиматги. Гьей йиго кидаго гӏадамазухъ урхъун йикӏуней гӏадан. Гьелъулъ буго лъималазеги гьезул лъималазеги бикьизе букӏараб, амма кьезе шартӏал щвечӏеб кутакалда гьелегьараб рокьул цӏа. Гьеб цӏадул хинлъиялъухъе жакъаги ракӏарула Патӏиматил гӏагарлъиги гьудул-гьалмагълъиги. Лъималлъун гьелъие хутӏана яцалъул лъималги гьезул лъималги.\nМахӏачхъалаялда медучилище лъугӏарай гӏолилай районалде тӏадюссана. Гӏемерал соназ хӏалтӏана районалъул батӏи-батӏиял росабалъ. Хӏалтӏана районцоязул баркалаялъе мустахӏикъаб хӏалалда.\nАнцӏгогӏан соналъ Гьолокь росдал советалъул председательлъунги хӏалтӏана Патӏимат. Ригьналъ батичӏеб талихӏ хӏалтӏулъ батана Патӏиматида.\nПатӏа-ада. Гьедин хӏеренго абула гьелда гӏагарлъиялъ. Диегиха гьей кколей Патӏа-адалъун. Къисматалъул релълъарал тӏанчал гӏемерал рукӏиндалищали, дир ракӏги цӏала гьелъухъе. Гьелъ дида ракӏалдещвезабула магӏаруллъи: белъунеб-бежулеб бакъвараб бакьалъул махӏги, аскӏобго гьалдолеб хьагиниб мугьги, дун ячӏиналъухъ гӏашикъго ялагьун чӏун йикӏуней Патӏа-адаги…\nБаркула, Патӏимат, Микьабилеб март. Дир гӏумруялъул тӏохьода гӏажаибго берцинаб къиса хъварай сахаватай Патӏимат, жегиги гӏемерал соназ рагӏаги дуда март моцӏалъ рачунел хӏайранал бакънал.\nДур кечӏги кӏалъана\nдир къисматалда\nЖакъа халкъияй шагӏиралда баркизе рагӏаби гӏолел гьечӏо. Хӏурматияй Залму. Лъала гьаб байрамалъ дуе абизегӏанасеб асар гьабулареблъиги, бугониги, баркизе бокьун буго машгьурай шагӏиралда тӏабигӏат цӏилъулеб ихдалил байрам. Дур пикрабазул цӏурмил гьаркьица цӏидасанги тӏуркӏизаюлей йиго:\n— Пикрабаца цӏумур бухулеб буго,\nЧӏаголъи лъугӏараб лъикӏлъи борчӏизе,\nУргъалица гӏакӏа ахӏулеб буго,\nУргъел гьечӏелщинал ригьинаризе…\nКинаб заман босаниги, шагӏирасул ахӏухъ гӏинтӏамулареб заман букӏун батиларо. Жакъа, къоло цоабилеб гӏасруялда, дур гьаракьалъ, дур шигӏрабаз ккола хасаб бакӏ. Дир къисматалдаги кӏалъана мун. Гьай дица дунгойилан толаха:\n— Гьаб рагӏал батулареб рокьуе къулулаго,\nКъокъана гьалъул гӏумру, гӏазу бана ботӏроде.\nАмма херлъичӏо рокьи, хисичӏо гьеб каранда.\nХутӏана гьеб лъукъараб хъахӏаб хӏанчӏил бакъанлъун.\nБиччанте, хӏурматияй Залму, гьаб гьайбатаб байрамгун духъе рещтӏине дур гӏумруялъе дагьалги берцинал кьерал кьолеб талихӏ.\nБерцинаб гьурмадаса\nгьими лъугӏугеги\nХирияй Патӏимат. Дир ракӏцояй, ракьцояй. Кӏикъогогӏан соналъ жаний хӏалтӏараб «Хӏакъикъат» газеталъулгун дуца къо-мехлъикӏ гьабулеб лахӏзат цебеса унеб гьечӏо. Мунгун цадахъ хӏалтӏарал сонал дие рукӏана аваданаллъун, рохел-талихӏ гьарзаяллъун. Бокьулаан гӏенеккизе пашманаб, къварилъиялъул цӏураб гьаракьалъ дуца эбелалде гьабураб кочӏохъ. Гьеб пашманлъи диеги гӏахьалаб букӏиндалха. Цинги цолъулаан нилъер магӏил гарал, ва гьез цадахъ рачунаан урхъукье гурони жиндихъе нилъ щолареб хунздерил тӏалъуде. Лъала гьаниб дур бакӏ дие чӏобоголъараблъиги. Амма гьеб чӏаголъизе буго, мунгун цадахъ хӏалтӏарал соназул талихӏал лахӏзатал ракӏалдещведал.\nБаркула, гӏагарай, нилъерго байрам. Лъугӏугеги дур берцинаб гьурмадаса гьайбатаб гьими. Лъималазул бадисан гьимаги дуе талихӏалъул бакъ. Урхъун йигеб куцха дур шигӏрабазухъ…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "900-posobie-shchveze-kkani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=900-posobie-shchveze-kkani", "title": "Пособие щвезе ккани…", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Эбелалъулаб капиталалъул болжал цӏикӏкӏинабуна\n2018 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе хӏалтӏизе байбихьана 2006 соналъул 29 декабралда къабул гьабун букӏараб «Лъимал ругел хъизамазе пачалихъияб кумек гьабиялда бан, тӏадеги тадбирал гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ» абураб №256 федералияб законалда гьарурал хиса-басиял.\nЭбелалъулаб капитал кьезе буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегӏан кӏиабилеб ва хадусеб лъимер гьабураб (яги бесдалазул рокъоса бачараб) хъизамалъе. Гьелъие ихтияр кьолеб сертификат кьеян хитӏаб гьабизе ккола Пенсиялъул фондалъул бакӏалъулаб отделениялде.\n2018 соналда эбелалъулаб капиталалъул багьа бащалъана 453026 гъуршида. Гьеб хӏалтӏизабизе бегьула мина-рукъалъул шартӏал лъикӏлъизариялъеги, лъимадуе лъай кьеялъеги, эбелалъул пенсиялъул бутӏаялъеги (накопительная часть), сакъатал лъималазе хӏажатаб къайи босиялъеги.\n2017 соналъул 28 декабралда къабул гьабуна «Лъимал ругел хъизамазе щибаб моцӏалъ кьолеб гӏарцул хӏакъалъулъ» абураб №418 федералияб закон. Гьеб къуваталде лъугьараблъун рикӏкӏуна 2018 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Гьелда рекъон, кӏиабилеб лъимер гьабураб яги бесдалазул рокъоса лъимер бачараб ва эбелалъулаб капитал щвезе ихтияр кьолеб сертификат бугел хъизамазе щибаб моцӏалъ кьезе буго пособие. Амма гьеб киназего гуро кьезе бугеб. Пособие щвезе буго, хӏалтӏун бажарулел гӏадамазе моцӏрое гӏолеб гӏарцул хӏисабги гьабун, гьелдаса 1,5 нухалъ дагьаб бугони хъизамалъул щибаб рухӏалъе моцӏрое щолеб хайир. Масала, 2017 соналъул кӏиабилеб кварталалда хӏалтӏизе бажарулел гӏадамазе гӏолеб къадарлъун Дагъистаналда чӏезабуна 9922 гъуруш. Гьеб гьабуна 2017 соналъул 14 августалда ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб «2017 соналъул II кварталалда Дагъистан Республикаялда щивав чиясулги социалиялгун демографиял группабазулги хӏисаб гьабун, гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищун гьитӏинаб къадар чӏезабиялъул хӏакъалъулъ» абураб №174 хӏукмуялда рекъон. Гьелда рекъон, лъималазул пособие кьеян хитӏаб гьабизе ихтияр буго моцӏрое хъизамалъул щибаб рухӏалъе 14883 гъуруш гурони щоларезул.\nГьелде тӏадеги, «Лъимал ругел хъизамазе щибаб моцӏалъ кьолеб гӏарцул хӏакъалъулъ» абураб №418 федералияб законалда рекъон, щибаб моцӏалъ пособие кьезе буго тӏоцебесеб лъимер гьабурай (хьихьизе бачарай) эбелалъе, яги инсуе, ялъуни лъимадул тӏалаб гьабулесе, нагагь эбел, эмен (хьихьизе рачарав) хвани, гьел эбел-инсул ихтияралдаса махӏрум гьаруни, ялъуни хьихьизе бачараблъун рикӏкӏунеб гьечӏони.\nТӏоцебесеб яги кӏиабилеб лъимер гьабиялда (хьихьизе бачиналда) бан, пособие кьеян хитӏаб гьабизе бегьула МФЦялде яги гӏумру гьабулеб бакӏалъул социалияб рахъалъ цӏуниялъул управлениялде. Эбелалъулаб капиталалдаса щибаб моцӏалъ, ай бутӏабазде бикьун, гӏарац кьеян хитӏаб гьабизе бегьула МФЦялде яги РФялъул Пенсиялъул фондалъул территориалияб идараялде. Гьебги гьабизе бегьула лъимер гьабуралдаса (хьихьизе бачаралдаса) лъагӏелгун бащдаб базегӏан заманалда жаниб.\nТӏоцебесеб яги кӏиабилеб лъимер гьабуралдаса анлъго моцӏ базегӏан, МФЦялде яги социалияб рахъалъ цӏуниялъул идараялде пособие чӏезабеян гӏарза кьураб мехалда, пособие кьезе ккола лъимер гьабураб къоялдаса нахъе. Нагагь гӏарза хъвазе анлъго моцӏидасаги кватӏани, пособие кьола гӏарза кьураб къоялдаса нахъе.\nЩибаб моцӏрол пособие чӏезабула цо лъагӏалие. Гьелдаса хадуб цӏидасан гӏарза хъвазе ккола пособие босизе гӏоло. Гьеб гӏарзаялда цадахъ рукӏине ккола гьал хадур рехсарал документалги:\n— лъимер гьаби (хьихьизе бачин) тасдикъ гьабулеб документ;\n— лъимерги гьесул эбелги Россиялъул гражданал кколеллъи тасдикъ гьарулел документал;\n— лъимадул эбел хварайлъи, эбелалъул ихтияралдаса махӏрум гьаюрайлъи, хьихьизе бачараб лъимер нахъе кьураблъи чӏезабулел документал;\n— ригьин биххараблъи тасдикъ гьабулеб документ;\n— хъизамалъе щолеб хайиралъул хӏакъалъулъ баянал;\n— эмен рагъулаб хъулухъалда вукӏин тасдикъ гьабулеб рагъулаб комиссариаталдаса справка;\n— банкалда рагьараб счеталъул реквизитал.\nЩибаб моцӏрол пособие кьоларо, пачалихъалъ хьихьулел лъимал ругелги, эбел-инсул ихтияраздаса тӏубанго яги пуланаб заманалъ махӏрум гьаруралги гражданазе. Пособие битӏула Россиялъул банкалда рагьараб счеталде.\nЛъималазул пособие чӏезабиялда бан суалал ратани, гражданаз хитӏаб гьабизе бегьула Дагъистан Республикаялда бугеб Инсанасул ихтияраздасан жавабияв вакиласул аппараталде."}
{"slug": "901-khekhl-iyal-l-ikialde-rachunaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=901-khekhl-iyal-l-ikialde-rachunaro", "title": "Хехлъиялъ лъикӏалде рачунаро", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Рос чӏвазе къасд гьабуралъухъ кьураб микьго сон\nЦоязе 8 март буго кӏудияб байрам, цогидазе — гӏадатияб къо. Амма руго гӏадамал гьединаб рикьа-къотӏи гьабизе рес гьечӏелги. Гьединаллъун ккола, масала, Гъизилюрт шагьаралда бугеб руччабазул колониялда ругел руччаби. Гьенир, батӏи-батӏиял такъсиразе гӏоло жанир тӏамурал 100-ялдаса цӏикӏкӏун руччабазда гьоркьор руго магӏарулалги. 105 статьяялда (цебеккунго ургъун чи чӏвазе хӏадури) рекъон, 8 соналъ туснахъ гьаюрай, 30 сонил ригьалда йигей магӏарулалъулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвариги.\n«Дун гьаюна гӏайибчӏвазе бакӏ гьечӏеб, парахатаб хъизамалда», — ян бицана Гӏайшатица. «Дир руго лъабго вацги лъабго яцги. Школалда цӏализе дун квешай йикӏинчӏо, цӏалана ункъилазда. Школа лъугӏун хадуб хьвадана медсестрабазул курсазде. Гьелдаса хадуб, гӏемер бокьичӏониги, кьуна ригьнаде. Гьабуна кӏиго лъимер, бана нижго бетӏергьанаб мина. Материалияб рахъалъги щибго къварилъи букӏинчӏо. Кинабго унеб букӏана берцинго. Амма заманалдасан росас байбихьана гӏиси-бикъинал, кодоре росизе гӏечӏел жалазе гӏоло кьабизе, чорокал рагӏабаздалъун семизе, гьудул-гьалмагъзабазда цее дун чорок гьайизе, къватӏиб бахъараб ццим рокъоб дида бецӏизе. Гьедин, лъималазе гӏоло кинабго хӏехьон, ана 11 сон. Чара къосиндал, цо-цо унаан дирго эбел-инсухъе, тӏокӏаб гьабиларин гьезие бихьинчиясул рагӏиги кьун, гьарун ячунаан нахъе. Цо нухалъ нижехъе ячӏана дир гьудул. Гьелда лъалаан нижер рокъоб лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал, росас дун хӏакъир гьаюлеб куц. Гъос юхиялъ, гьумер гьорон йигей дида гьудулалъ абуна щайила мун гьебги хӏехьон чӏун йигей, нахъе инго бигьа букӏинарищин. Дица абуна нахъе унги толей гьечӏин, гьабизе жоги лъаларин абун. Жинда лъалин, жинца рекъезабилин абуна гъолъ. Къокъго абуни, рос чӏвазе хӏукму ккана. Гьудулалъ гьелъул хӏакъалъулъ бицун буго жиндирго росасда. Гьесги бицун буго дирасда. Гьеб хабар щвана цӏех-рехалъул органазде, дун ккуна, гьабуна суд ва йитӏана колониялде».\n— Судияс 8 сон кьолеб бугин абидал, кинаб асар дуе лъугьараб?\n— Судалда дир росас абун букӏана дун жаний тӏамизайи жиндир мурадги гурин абун. Кин бугониги, дида лъалаан дун туснахъ гьаюлеблъи. Гьадигӏан гӏемер кьеларин абураб хьул букӏана. Судияс 8 сонин абидал, ботӏролъ цо жо кьабураб хӏисаб ккана.\n— Байбихьуда ругьунлъизе кӏоларого йикӏанищ туснахъалда?\n— СИЗОялда йигеб заманалда, лъималги аскӏор гьечӏого, кутакалда захӏмат букӏана. Гьание ячун хадуб, хӏалтӏудеги (колониялъул столоваялде) лъугьун дагьаб бигьалъана.\n— Гьаниса эркенлъиялде буго дагьабго манзил, ай 50-гӏанасеб метр. Амма, гьелдаго цадахъ, гьенибе буго цӏакъго кӏудияб «манзилги» — 6 лъагӏелгӏанасеб заман. Захӏмалъулищ гьеб хӏакъикъат къабул гьабизе?\n— Тӏоцебе захӏмалъулаан. Кьишни базе борхалъиялде яхарабго, рихьулаан минаби, эркенлъиялда ругел гӏадамал,… доеги балагьун, гӏодулаан дун. Гьанже ругьунлъана — дида кутакалда лъикӏ лъала, кигӏан бокьаниги, заман щвечӏого дун гьаниса къватӏие йиччалареблъи. Дирго гъалатӏазул гьир баччизе, гьезул жаваб кьезе ккола дица.\n— Чӏужугӏаданалда рекъолеб бакӏ бугищ туснахъ?\n— Гьечӏо. Гьание ккедал, хисула чӏужугӏадан, хола нерваби, сахлъи, къадру-къимат. Туснахъалъ щибго лъикӏаб жо кьоларо. Гьаниса щвараб пайда буго цо – бичӏчӏана гӏемераб, хӏисаб гьабуна гӏумруялъулъ ккараб мекъаб-тӏекъалъул, риччарал гъалатӏазул. Туснахъалда йикӏарай чӏужугӏадан абураб цӏарги гӏодобе ккараб къадруги кин дица баччизе бугеб? Гьелъул ургъел гьабсагӏаталдаго буго дие.\n— Дурго хӏалбихьиялъул кьучӏалда, гьанире ккечӏого рукӏиналъе гӏоло щиб дуца абилеб эркенлъиялда ругел руччабазда?\n— Щиб кканиги, гӏедегӏуге, гьабе сабур, хӏехье захӏмалъи. Дир мисалалъги бицуна, дидаги гьеб кутакалда бичӏчӏана, хехлъиялъ лъикӏалде рачунаро. Кигӏан къваридаб хӏал бугониги, цо сабаб камун, гӏатӏилъиялде нух тӏагӏун букӏунаро.\n— Бихьизабураб заманалда рекъон, эбел-эмен, лъимал рачӏунищ духъе яги гьел нахъе кӏанцӏунищ чӏарал?\n— Лъимал рихьизе толаро росас, гьезда бицунги гьечӏо дун йигеб бакӏ. Рачӏуна эбел-эмен, яцал-вацал.\n— Эбелалъги дуцаги сундул хӏакъалъулъ бицунеб?\n— Сундул бицинеб, дой гӏодула, дун гӏодула. Гьанже гьабизе жо гьечӏин, хӏехьон йикӏайин абулаха.\n— Дуца эбелалда?\n— Тӏасалъугьа… Гьел руго кидаго дица абулел рагӏаби.\n— Лъугьинадай?\n— Тӏасалъугьине дуца гьабураб жо гьечӏин абулаха гьез. Гьедин абуниги, яс туснахъалде ккеялдаса захӏматаб щибха букӏинеб эбел-инсуе.\n— Кин унги ина заман, тела туснахъ, юссинищ росулъе?\n— Лъабго лъагӏалидасан дир ихтияр букӏуна, болжал лъугӏилалде, шартӏияб къагӏидаялда эркенлъиялде йиччаян абун гӏарза хъвазе (УДО). Гьедин гьабизе рес щола мисалияб, низам хвезабичӏеб хьвада-чӏвади бихьизабуни. Гьелде бугоха дир кӏудияб хьулги. Аллагьас хъван батани, УДОялда рекъон тела туснахъ, рачун дирго лъималгун, йикӏина парахатаб, берцинаб гӏумруялда. Ина эбел-инсухъе щвезе, дагьаб заманаялъ гьезда аскӏойги чӏела, амма росулъ чӏеларо, гьалдаса хадуб дида кӏвезе гьечӏо доба гӏумру гьабизе.\n— Гьале тӏаде щолеб буго 8 март. Дуе гьеб кинаблъун букӏине бугеб: цогидал къоялго гӏадинаб гӏадатияблъунищ яги…\n— Эркенлъиялда гьеб букӏана байрам, жание ккун хадуб… дие гьелъул батӏалъиго гьечӏо. Гьаниб жаниб гьелда хурхарал тадбиралги тӏоритӏула, амма дир рекӏелъ байрамалъул рохел гьечӏо.\n— Кида лъанги лъамалаздаги лъала дур къисмат. Лъан хадуб ясалъ дуе кьуни «Щай, эбел»? абураб суал, кинаб жаваб дуца кьелеб?\n— Кигӏан къокъаб батаниги, гьеб буго дие цӏакъ захӏматаб суал, гьелде дун хӏадурго гьечӏо…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "902-shchibab-mart-bachiingun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=902-shchibab-mart-bachiingun", "title": "Щибаб март бачӏингун…", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Бихьинчиясда тӏадаб буго щибаб къо, щибаб сагӏат ва щибаб минут гӏагарал руччабазе байрамлъун гьабизе\nМикьабилеб марталъул байрамкъоялда цебе нижеца лъабго суал кьуна батӏи-батӏияб махщалил, гьунаралъул ва ригьалъул гӏадамазе. Ракӏалде ккола цӏалдолезе гьалдаса пайда букӏинин ва гьанир рахъарал жавабалги дандекквелин жидецаго руччабазул гьабулеб адаб-хӏурматалде.\n1. Кинал рагӏабаздалъун дуца эбелалда, лъадуда, яцалда, ясалда ва нусалда ихдалил байрам баркилеб?\n2. Руччабазде бугеб гӏурхъи гьечӏеб рокьиги, адабги, гӏишкъуги гьурщулаго, кинаб сайгъатги кьун, хӏалимай, хӏеренай чӏужугӏадан кӏодогьайизе дур ният бугеб?\n3. Берцинал жугьабаздалъун, лъикӏал рагӏабаздалъул ва гӏадатияб гуреб махсараялдалъун щиб дуца гьезие гьарилеб?\nХӏусенов Хӏусен, ДРялъул медицинаялъул университеталъул къватӏисел улкабазул студентазул общежитиялъул комендант:\n— Гӏемерисел магӏарул руччаби руго хӏалтӏудаса хӏинкъуларел, росабазеги, эбел-инсуеги, ватӏаналъеги ритӏухъал ва умумузул гӏадатазда рекъон яхӏ-намус цӏунарал. Гьединлъидал гьел мустахӏикъал руго адаб-хӏурматалъеги щибабкъойилаб тӏалаб-агъазалъеги.\nСайгъаталъе щиб кьелебали дица бицинаро. Гьеб ккола балъголъи.\nРуччаби ккола бихьиназул мугъчӏвалеб къед. Чӏужугӏаданалъул квераз гӏуцӏараб буго дунялги гӏумруги. Сахлъиги, рохелги, талихӏги гьарула щияй магӏарулалъе.\nШамилов Мухӏамад, ветеринар:\n— Бихьинчиясда тӏадаб буго щибаб къоялъ гьезул адаб гьабизе. Битӏараб гьечӏищха, «руччаби гьечӏони, гьечӏо бихьинал» абураб каламги. Бихьиназдаса руччабиги, руччабаздаса бихьиналги даимго рохун хутӏаги.\nМикьабилеб марталда цебе дица лъазабула щибдай дир лъадуе ва ясазе къваригӏун бугебали.\nДир хъизамалъул, тухумалъул ва киналго лъалел руччабазе дица гьарила дунялалда талихӏги, рохелги, ахираталъул рокъоб алжанги.\nГӏабдулкъадиров Мухӏамад, Шамил — имамасул цӏаралда бугеб фондалъул «Халкъияв бахӏарчи» абулеб медалалъул кавалер, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатасул жамгӏияб приемниялъул нухмалъулев:\n— Жидерго росабазеги мутӏигӏлъун, бетӏергьанчиги Аллагьги разиго рукӏунеб хӏалалда гӏумру гьабулел руччабазе бетӏер къулула дица. Гьезие кьолеб сайгъатги ккола дун гьездасаги гьел дидасаги разилъи. Дица руччабазе гьарила гьезул жаваб кьезе кколел росабазе, вацазе мутӏигӏлъи.\nМикьабилеб март бусурбабазе хасиятаб байрам гуро. Амма бихьинчиясда тӏадаб буго щибаб къо, щибаб сагӏат ва щибаб минут гӏагарал руччабазе байрамлъун гьабизе.\nКъурбанов Мухӏамадамин, «Дагъистан» кинокомпаниялъул хӏалтӏухъан:\n— Рокъорги данделъун, гьеб байрам кӏодо гьабулеб гӏадат нижер гьечӏо, амма гӏагарал ясазеги руччабазеги сайгъатал кьечӏогоги толаро. Чӏужугӏадан талихӏайлъун гьаюла нилъер берцинаб каламалъги, тӏалаб-агъазалъги, унго-унгояв бихьинчиясда аскӏой йикӏине щвеялъги.\nДунялалда талихӏги ахираталда алжанги насиблъаги яхӏ-намус цӏунарал киналго руччабазе.\nГӏабдулгъапуров Хӏайбула, Магӏарул театралъул бетӏерав режиссер:\n— Ихдал цӏилъула тӏабигӏат, чӏужугӏаданалъ кьола инсанасе гӏумру. Ихги чӏужугӏаданги ккола цого гӏадаб хӏалкӏолъи. Дунялалда гӏалам бижарай чӏужугӏаданалъе нилъ, ай бихьинал кидаго налъулал руго. Я, Бетӏергьан, щияй чӏужугӏадан лъугьаги росасеги, лъималазеги, мадугьаллъиялъеги лъикӏлъи гьабизе къасд ва ният бугейлъун. Гьелда дица хӏелун абила: «Йо, гӏемерисеб дуда бараб буго рокъобги къватӏибги, дуца лъикӏлъиялъе гӏумру гьабулеб бугони, берцинлъула гӏумру, талихӏаллъун лъугьуна аскӏор ругел», — ан.\nНилъер диналдаги гӏадаталдаги рекъон, гьавураб къоги руччабазул байрамги кӏодо гьабулароан. Амма чӏужугӏаданалда гьеб къоялъ бихьизабизе ккола нилъеца гьелъул адаб гьабулеб букӏин, нилъее гьей йокьулей йикӏин. Дир гӏадат буго гьеб къоялъ дир лъималазул гӏисинал ясазе гьуинлъи, ясалъе хасаб сайгъат, лъадуе тӏугьдузул квацӏи кьолеб.\nШагӏир Махӏмуд-апандил рагӏабаздалъун загьир гьабила дица чӏужугӏаданалде бугеб рокьиги адабги:\nМун йиго дир гӏумруги,\nМун йиго дир хӏухьелги,\nМун йиго дир хӏасратги,\nДуе буго хӏурматги.\nАхбердилов Ахбердило, Шамил районалъул Тӏидиб школалъул учитель:\n— Рикӏкӏун хӏалкӏоларелгӏан гӏемер руго дунялалда Аллагьас рижарал берцинал хӏикмалъаби. Гьезда гьоркьоса тӏабигӏаталъул бищун бечедаб хазиналъун ва кӏудияб хӏалкӏолъилъун дида йихьула чӏужугӏадан. Абула, унго-унгояб къагӏидаялъ рукъалъул рукъ лъадуца гьабулилан. Щулияб хъизан бугони, щулияб жамгӏиятги букӏуна. Хӏакъикъаталдаги, кӏудияб бакӏ ккола бихьиназул гӏумруялда жаниб гӏамал-тӏабигӏат берцинай, иман бечедай, аскӏор ругезул адаб-хӏурмат ккурай чӏужугӏаданалъ. Гьединлъидал, цохӏо 8 марталъ гуребги, къойилго бихьиназул лъикӏаб бербалагьиялъе мустахӏикъай йиго магӏарулай.\nДица ракӏ-ракӏалъ баркула нилъер улбузда, яцазда, ясазда, лъудбузда ва киналго руччабазда ихдалил гьайбатаб байрам. Гьарула рагъ-кьалалдаса рикӏкӏадаб, парахатаб, хъизан-лъималаздаса рохараб гӏумру.\nИбрагьимхалил Мухӏамадов, ДРялъул мустахӏикъав учитель:\n— Гьаб байрам нилъее киназего гӏахьалаб буго. Хъизамалда жаниб чӏужугӏаданалъул рохел ккола тӏолабго хъизамалъул рохеллъун. Унго-унгоги, руччабаз гӏуцӏула гӏумруги, гӏаламги, хъизанги. Чӏужугӏадан хьолбохъ гьечӏеб цо лахӏзатцин цебечӏезабизе кӏоларо бихьинчиясда: цоясе — эбел, цогидасе — яс, яц, хутӏаразеги — абурай, йокьулей…\nХӏурматиял бихьинал! Вугищ нилъеда гьоркьов руччабазул рокьуеги, хӏеренлъиялъеги, хӏайранлъиялъеги, берцинлъиялъеги бетӏер къуличӏев чи? Гьез нилъ талихӏаллъун гьарула. Гьез дунялалъего чедги, рокьиги, талихӏаб маргьаги кьола.\nХӏурматиял руччаби! Тӏаде щвана нужер байрам. Гьеб ккола нижерги. Щайгурелъул нужеда бараб букӏуна нижер гӏумруялъул берцинлъиги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "903-administratsiyal-ul-ishal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=903-administratsiyal-ul-ishal", "title": "Администрациялъул ишал", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Шартӏал ругони, гӏадамал кирего гочунаро\nПачалихъалъул кверчӏвай бугони, батӏи-батӏиял нигӏматаздалъун\nреспубликаго хьезабизе кӏола росабазда\nМагӏарухъа гӏатӏиракьалде гӏадамалги гочун, гӏисинлъулел ругел нилъер росабазул, цо-цоялин абуни тӏуранго чӏунтун рукӏиналъул хӏакъалъулъ нижеца цебеги хъван букӏана. Росаби цӏуниялъул, гьенир гӏадамазе гӏумру гьабиялъе шартӏал лъикӏлъизариялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи гӏемерисеб бараб буго росабазул бегавулзабазул речӏа-регӏиялда, чӏаголъиялда ва хӏаракаталда. Росаби цӏуни ккола нилъер тарих, умумузул лъикӏал гӏадатал, культура, махщел, гӏумру гьабиялъул къагӏида — къокъго абуни, нилъер хаслъи, мацӏ ва миллат цӏуни. Магӏарул халкъалъул хадубккун букӏинеселъе кӏвар бугеб суал гьеб букӏиналъ, «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ кидагосеб кӏвар кьола ва кьезеги буго гӏагараб ракь цебетӏезабиялъе бажарарабщинаб гьабулел росабазул ва районазул бутӏрузул хӏакъалъулъ хъвазе, гьезулгун гара-чӏвариял гьаризе, гьез гьарурал пайдаял ишазул, гьаризе тӏаде росарал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ цӏалдолезе бицине.\nЖакъасеб гара-чӏвари буго Хьаргаби районалъул чӏахӏиял росабазул цояблъун кколеб Гӏаймаки росдал бегавул Мухтар Хӏасанхӏусеновасулгун.\n— Кӏиго сон буго дуца росдае нухмалъи гьабулелдаса. Щиб нигатгун вачӏарав мун росдал бегавуллъун, жамагӏаталъул хӏажалъаби лъалел рукӏаралищ? Сунде кӏвар кьураб, хъулухъалде вачӏиндал?\n— Гӏагараб росдае, гӏадамазе лъикӏлъи, гьезул гӏумру, рукӏа-рахъин цебетӏезабиялъе бажарарабщинаб гьабизеян, диего рагӏиги кьун, лъун букӏана дица кандидатура рищиязда. Росдал хӏажалъабиги дида лъикӏ лъала. Школа лъугӏун хадуб, росдал магӏишаталъул техникумалдаги цӏалун, чанго соналъ хӏалтӏана Чапаевасул цӏаралда букӏараб колхозалда.\nБегавуллъун вачӏун хадуб тӏоцебе кӏвар кьуна нухазде. Ункъабго рахъалде нухал рикьулеб мугӏрузул ахалъуда, танкелалда буго нижер росу. Росдал кваранаб рахъалдаса унеб нух буго Зуберха магӏардасан Унсоколо районалъул Гьаракӏунибехун, квегӏисан — Лаваша районалде.\nРосу къотӏун уна Хьаргаби-Тӏасажунгут нухги. Гӏазу-цӏад байдал, сверухъ ругел мугӏруздаса росулъе ва росда аскӏосан эхере унел иххаз хвезарула нухал. Гьединлъидал кверги берги кидаго нухазда хадуб букӏуна. Росдал гӏадамазул гӏемерисеб магӏишат, кулал, хурзал, харибакӏал руго Тӏадмагъилъ абулеб бакӏалда. Кӏудияб квалквал букӏана гьенибе бугеб нух чӏунтун, машина иналъе хӏинкъи бугеб, санагӏалъи гьечӏеб букӏиналъ. Гӏатӏидги гьабун, чанго километралъул манзилалда къачӏана гьеб нух. Регьел хӏалакарабго, ччукӏарулеб бакӏалда, нухлул рагӏалда нусго метралъул халалъиялда гьабуна къедги.\nЩуго километралъул халалъиялда тӏибитӏун бугеб росулъ жанирги къачӏана нухал. Хасго хӏалкъараб хӏалалда букӏана Хъарча-авалалдехун бугеб нух. Гӏазу-цӏад хӏалакиндал, кӏкӏалахъан унел машинаби хӏарщулъ къалаан. Къокъабго заманалда жаниб кьоги бан, гьеб суалги тӏубазабуна. Къедги бан, сеткаги ккун, жанибе боцӏи-панз инаредухъ, къачӏана хобалги, гьаруна цогидал хӏалтӏабиги.\n— Цӏибахъараб Хьаргаби-Тӏасажунгут нух рехун тун бугилан абуна. Лъил тӏалабалда (балансалда) гьеб бугеб?\n— 2013 соналда рагьана цебе анцӏ-анцӏ росабазул магӏарулал лъарагӏлъиялде хьвадулел рукӏараб сухъмахънухккун гьабураб шагьранух. Нух гьабиялъе квербакъарав Хӏамзат Хӏамзатовасе аза-азар баркалаги буго. Хӏисаб гьабе, цебе райцентралде, Хьаргабире, ниж хьвадулаан Лавашисан. Райцентралдеги нахъеги машинаялда унаго тезе кколаан нусиялда къогогӏан километр нухлул. Цӏияб нухдасан Хьаргабибе буго анцӏила цо километр. Гӏаймакибе щвезегӏан нухда хъилги тӏун буго. Хьаргаби-Тӏасажунгут нух Дагъавтодоралъ балансалде босун гьечӏо, гьелъ нухги кӏвар кьечӏого тун буго. Райцентралдаса росулъе бугеб нух нижецаго къачӏазе ккола. Араб соналъул ахиралда тӏубараб моцӏ ана ччукӏунги, кьуру-къед бачӏунги, чӏунтизабураб гьеб нух къачӏалаго.\n— Аслияб магӏишат, бетӏербахъи сундасан бугеб гӏаймакдерил? Ахирал соназда магӏарул росаби мигьлъулел руго рахӏатаб гӏумру цӏехон гӏатӏиракьалде гочунезул къадарги цӏикӏкӏун. Нужехъ щиб хӏал бугеб?\n— Магӏарда цураб бакӏ букӏиналъ ахихъанлъи нижер росулъ гьечӏо. Хьихьула гӏи-боцӏи. Гьанже гӏемер бицунеб буго росабалъ хӏалтӏи гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъ. Росулъ чӏарав чияс гьабе росдал магӏишат – хьихье гӏи-боцӏи, жидерго бетӏербахъиялъе гӏологӏаги рекье хурзабахъ тӏоцебесеб хӏажалъиялъул нигӏматал. Цебе Гӏаймаки сверухълъиялдаго лъалаан, картошка, ламадур, хъабахъ лъикӏ бижулеб бакӏ хӏисабалда. Битӏараб бицани, гьел нигӏматал гӏезариялде кьолеб кӏвар дагьлъун буго. Дир хӏисабалда, магӏарухъ ракь хӏалтӏизабиялде пачалихъалъ кӏвар кьуни, къватӏиса бачӏунеб нигӏматалде росабазул гӏадамал ккелароан. Мисалалъе, гӏака хьихьарасе, гӏи-хух хьихьарасе (гьебги бугеб-гьечӏеб лъалареб) бетӏер рикӏкӏун гӏарац, субсидия кьолеб буго. Щай бегьулареб магӏарухъ хӏалтӏизабураб ракьул сотих бихьун, субсидия кьезе?\nГьеб мехалда гӏицӏго магӏаруллъиялъ хурул нигӏматаздалъун хьезабилаан тӏолабго республика.\nГьанибго абила, бича-хисиялдалъун, даран-базаралдалъун бетӏербахъи гьабулелги дагьал гьечӏо. Анцӏила хадуб жалго бетӏергьанаб тукен буго росулъ. Хъулухъ-ишалда гьечӏевщинав чи шагьараздаги дармида гурищ ругел? Росулъ гӏатӏидаб рукъ-бакӏги гьабун буго бича-хисулезе, къватӏиса рачӏаразе дармие санагӏалъиялъе. Цо тайпа гӏадамазул риидалил заманалда хӏалтӏизе къватӏире уна, хаслихъе тӏадги руссуна.\nКӏиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила, росулъе анцӏго соналъ цебего бачун буго газ, хӏалтӏизе ва гӏумру гьабизе бокьарасе росулъ гӏурал шартӏалги руго. Микьнусиялда кӏикъоялда анцӏго цӏаракиялда гӏумру гьабулеб буго лъабазаргогӏан чияс. Росу тун къватӏиб буго церего росулъа гочарал, цӏали лъугӏун махщалида рекъон шагьаразда чӏаралги малъун гӏага-шагарго лъабнусиде гӏагарараб цӏараки. Аслияб къагӏидаялда гьез гӏумру гьабулеб буго, Буйнакскалда, Махӏачхъалаялда ва Каспийскалда. Росдалгун гьезул кидагосеб бухьенги буго. Щибаб къойил росулъа маршруталъул такси уна гьел шагьаразде, къасиялде тӏадги руссуна.\nРосулъа къватӏире гӏадамал гочин нижехъ гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, росу кӏодолъулеб ва цебетӏолеб буго.\n— Росулъ гӏадлу-тадбир букӏиналъе гӏоло, законалда данде кколарел хӏужаби ккунгутӏиялъе гӏоло лъида мугъчӏвай гьабулеб росдал бегавулас?\n— Гьеб рахъалъ цӏикӏкӏараб асар буго Херазул советалъул, гьелъул председатель Сагитов Гӏабдулагьил. Гьелгун ва росдал мажгиталъул советалъул председательгун, мажгиталъул имамгун дандбала гьаризе ругел хӏалтӏаби, росулъ тӏоритӏулелщинал кинал рукӏаниги тадбирал.\nРосдал советалъул депутаталги дунгоги щола школалде, цогидал социалиял идарабазде, гьабула хӏажатаб кумек. Кӏочон толаро херал, бецал, унтарал, ригь арал гӏадамалги, хӏаракат бахъула гьезул мурадал тӏуразе.\n— Хадурккун гьаризе хӏисабалде росарал хӏалтӏаби кинал ругел?\n— Аллагьас квербакъани, гьел гӏемер руго. Рехселин цо-цоял. Дунял хинлъарабго байбихьизе буго гъоркьиса кьучӏ лъураб спортивияб зал базе, ухӏладерил рохьосан, лъабго километргӏан манзилалъ рогӏралги лъун, росулъе бачине буго лъим. Ресал ралагьулел руго нусиялда къого лъимадуе бакӏ бугеб ясли-ахалъе ва участкаялъулаб больницаялъе цӏиял минаби разе. Росулъе ток бачарал хӏубал басралъун, бакӏ-бакӏаздасан турун руго. Гьеб суалгун гьал къоязда дун ун вукӏана «Дагъэнергоялъул» нухмалъулев Гьитӏиновасовасухъе. Бугеб хӏакъикъат гьесда бицана ва бичӏчӏизабуна. Хьул буго исана гьеб хӏалтӏи рагӏалде бахъиналдеги.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "904-rishchiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=904-rishchiyal", "title": "Рищиял", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Бергьаразе щвела смартфонал\nКъецалда гӏахьаллъизе бегьула бокьарав чи\nРоссиялъул президент вищулеб къоялъ, ай 18 марталда, Дагъистаналъул рищиязул участкабазда тӏобитӏизе буго «Фото Проджи» абулеб конкурс. Аслияб къагӏидаялъ гьеб тӏобитӏизе буго Буйнакск, ДагъОгни, Избербаш, Каспийск, Махӏачхъала, Хасавюрт ва Южно-Сухокумск шагьаразда.\nКонкурсалъул хӏакъалъулъ бицана «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда «Проджи» басмаханаялъул вакил Асил Аджиевалъги, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Дина Бийгишиевалъги блогер Исрапил Исрапиловасги.\nАсил Аджиевалъул рагӏабазда рекъон, конкурсалда гӏахьаллъизе бегьула рищиязде вачӏараб бокьараб ригьалъул чи, ва гьес сурат бахъизе ккола «Проджиялъул» хасаб рамкаялдаса пайдаги босун. 20 март щвелалде сурат лъезе ккола социалиял гьиназда ва гьенибго бихьизабизе ккола рищиялъул участок бугеб шагьаралъул цӏар, #фотопроджи абун хэштег (масала, #фотопроджи #Махачкала).\nБергьаразе шапакъатал кьезе руго апрелалъул тӏоцебесеб къоялъ, Махӏачхъалаялда. Бергьенлъи босарав анкьгоясе (щибаб шагьаралдаса цо-цо чи) щола «Apple – iPhone 8» фирмаялъул смартфонал, кӏиабилеб бакӏалъухъ — Apple iPad Air, лъабабилеб бакӏалъухъ – гироскутер.\nДина Бийгишиевалъги бицана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъ рахъкколила гьеб конкурсалъул, щайгурелъул жидееги бокьун бугила кӏванагӏан гӏемерал гӏолилал рищиялда гӏахьаллъизе.\nПалхӏасил, конкурсалъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго лъазе бокьани, ракке гьаб сайталде: http://photo-prodji.ru/.\nНури Нуриев"}
{"slug": "905-tsiiyab-reabilitatsiyal-ulab-tsentr", "url": "https://hakikat.info/?nationals=905-tsiiyab-reabilitatsiyal-ulab-tsentr", "title": "Цӏияб реабилитациялъулаб центр", "date": "2018-03-12 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Сахлъи\nДагъистаналъул медуниверситеталъул ректор Сулейман Маммаев дандчӏвана туберкулезалъул централияб гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталъул директор Атажан Эргешовгун. Гьез бицана Дагъистаналда гьуърузул унтаби сахгьариялъул цӏияб центр рагьиялъул ва гьенир хӏалтӏизе тохтурзаби ралагьиялъул хӏакъалъулъ. Цӏияб централда къваригӏине руго фтизиатрал, пульмоногал, хирургал.\nСулейман Маммаевас абуна республикаялдаса студентал цӏализе ритӏизе кколила Россиялъул централиял вузазде, цӏали лъугӏарабго, Дагъистаналде тӏадруссине къотӏи-къайги гьабун.\nРоссиялъул тохтурзабазул дагъистаниязе кумек\nРеспубликаялде рачӏун рукӏана Россиялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул тохтурзаби. Гьез аслияб къагӏидаялда халгьабуна рекӏел унтабаз унтаразе гьабулеб бугеб медицинаялъулаб хъулухъалъул даражаялъул. Россиялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул кардиологиялъул гӏелмиябгун цӏех-рехалъул миллияб институталъул тохтур Олег Нарусов щвана республикаялъул централияб больницаялде. Гьес лъай-хъвай гьабуна рентгенохирургиялъул отделениялъул хӏалтӏул, гьабуна унтаразулгун гара-чӏвари. Гьединго балагьана унтарасе гьабулеб операциялъухъ.\n— Дагъистаналъул тохтурзабазул хӏакъалъулъ дир лъикӏаб пикру хутӏана. Гьанир руго жидерго ишги бокьулел, унтаразул тӏалаб-агъазги бугел тӏадегӏанаб махщалилаб даражаялъул тохтурзаби, — ян абуна Олег Нарусовас.\nГьединго Москваялдаса гьобол щвана республикаялъул кардиологиялъул централдеги Махӏачхъалаялъул №1 больницаялдеги.\nМедицинаялда — цӏирагьиял\nГьанже республикаялда гьаризе байбихьун руго цере гьарулел рукӏинчӏел операциял. Масала, Дагъистаналъул хирургаз сахгьаризе кӏоларел рищалабазул бакӏалда лъолел руго имплантал. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана республикаялъул ортопедиялъулгун травматологияб централъул бетӏерав тохтурасул заместитель Тӏагьир Ражабовас. Тӏоцебесеб гьединаб операция гьабуна Гъизляр районалдаса 66 сон барай Лидия Волошиналъе. Централъул бетӏерав тохтур Марат Къадиевас бицухъе, клиникаялда, операциял гьарулаго, соналдаса соналде хӏалтӏизарулел руго цӏиял технологиял. Цере гьединал операциял республикаялда гьарун бажарулароан.\nМасала, исана рохокъотӏи бекарав анцӏго чиясе гьабуна операция. Улкаялдаго къанагӏат гурони гьаруларо гьединал операциял. Жакъа централда вуго рохокъотӏи сах гьабулев кӏиго тохтур. Россиялдагицин гьезул къадар, цогидал тохтурзабазде дандеккун, дагьаб буго. Цебе рохокъотӏи бекарал сакъаталлъунгицин хутӏулаан. Жакъайин абуни, цӏиял технологиязул кумекалдалъун, унтарал сахгьарун бажарулеб буго.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "934-direktorasda-barabgi-bukiuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=934-direktorasda-barabgi-bukiuna", "title": "Директорасда барабги букӏуна", "date": "2018-03-14 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Лъикӏаб букӏинаан лъималазул ахаздаги факультатив хӏисабалданиги рахьдал мацӏ малъулебани\nАраб анкьалъ «Хӏакъикъат» газеталде рачӏун рукӏана ДИРОялда лъай камил гьабиялъул курсазда цӏалулел рукӏарал магӏарул мацӏалъул учительзаби. Гьезие бокьун букӏана жидерго школазда рахьдал мацӏ малъиялъул бугеб хӏалалъулги гьелде школазул администрациязул бугеб бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ бицине. Хасаб баркала кьолеб букӏана гьез ДИРОялъул педагогазеги пайдаял курсал гӏуцӏаралъухъ. Гьезулгун гара-чӏвари гьабулеб заманалда, дида ракӏалде бачӏана школазул кӏиго директорасда гьоркьоб ккараб гьадинаб хабар: пуланав директорас цогидав директорасда гьикъанила, дуца учительзабазул харжал дагь гьарунищан. Гьарунин жаваб кьунила дос. Гьезухъа сагӏтал нахъе росанищан гьикъанила цоги нухалда. Росанин, жаваб кьунила. Гьедин батани, школалде рачӏунел рукӏиналъухъ гьезухъа мухьищха босилеб, дарсал кьезе рачӏунищали бихьизеян абунила дов директорас. Гьединги чӏезаризе кӏоларо хӏалтӏиги цӏалдохъабиги рокьулел учительзаби. Кьолеб мухьдахъ, гьелъул мукъсанлъиялъухъ балагьичӏого, хӏалтӏулел руго магӏарул росабазул школазул рахьдал мацӏазул учительзаби, хасго нижехъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏарал.\nМарин Ризванова, Гъизилюрт шагьаралъул №7 гимназия: «Февраль моцӏалда шагьаралъул библиотекаялдаги школаздаги тӏоритӏана гӏемерал тадбирал, рахьдал мацӏ цӏуниялъулги цебетӏезабиялъулги мурадалда. Гьелдаса хадуй дун гӏахьаллъана Магӏарул миллияб театралда тӏобитӏараб рахьдал мацӏалъул фестивалалда. Гьабсагӏаталда йиго ДИРОялда дирго лъай камил гьабулей. Шагьаралъул школазда хӏалтӏизе захӏмалъула. Классалъул нухмалъулейги ккола дун, гьеб классгун дун кӏалъазе ккола гӏурус мацӏалда. Гьеб мацӏалде ругьунлъун руго лъималги гьезул умумулги.\nЩиб дие кьолеб рахьдал мацӏалъ? 50 сонил ригьалде яхун йиго дун. Гьелда гьоркьоса 30 сон ана школалда дарсал кьолаго. Кигӏан лъикӏ гӏурус мацӏ бицине бажараниги, дихъа жеги бажаричӏо, рахьдал мацӏалда гӏадин, гьеб мацӏалда пикру гьабунги, гьеб къватӏибе загьир гьабунги. Телевизоралдасан бихьизабулеб жоялъул хӏисаб гьабулеб мехалдаги, базаралдаса къайи босулагоги, пуланав чияс кьураб суалалъе жаваб балагьулагоги, дица киналъулго пикру гьабула дирго рахьдал мацӏалда. Бокьилаан, лъималазда магӏарул мацӏ лъалеб букӏарабани. Рукӏуна хӏалтӏуде улбул хьвадуларел, рокъосанго школалде рачӏарал лъимал. Гьезда лъикӏ лъала магӏарул мацӏ. Амма лъималазул ахикье хьвадарал лъималазда цӏакъ хехго кӏочонеб буго рахьдал мацӏ. Дир пикруялда, лъикӏаб букӏинаан, лъималазул ахаздаги факультатив хӏисабалданиги рахьдал мацӏ малъани.\nАнкьида жаниб лъабцӏул дарсги кьун, гьезда мацӏ малъизе цӏакъ захӏмалъулеб буго. Гьезухъа бажарила ункъилазда-щуйилазда диктантал хъвазеги рекӏехъе кучӏдул лъазаризеги, амма цоцазулгун хабар бицинеги магӏнаяб текст гӏуцӏизеги захӏмалъила. Школа лъугӏарай дирго ясалъ дида гьадин абуна: «Баба, малъе дуца лъималазда мацӏ. Дуца кьурал дарсал гьанжего-гьанже руго дидаги ракӏалде рачӏунел. Дур ракӏ къварилъуге, цӏалдохъабазда дуца бицараб жо лъаларин абун. Гӏураб мехалда, жидеего хӏажалъараб заманалда, гьезда батизе буго гьеб дарсил хӏасил», — ан.\nЭбелалъ рокъоб малъичӏони, школалда мацӏ лъазабизе бигьалъуларо».\nАминат Тӏайгибова, Унсоколо районалъул Гьаракӏуни росдал школа: «Гьитӏинго гьуинлъана дие рахьдал мацӏ – эбелалъ кьолаан гьелъул дарсалги гьелъул нухдасан ана дунгоги. Дир бищунго ракӏунтизабулеб буго рокъоб эбел-инсуца лъималазда гӏурус мацӏ бициналъ. Жидедаго лъалареб, гъура-чункараб гӏурус мацӏалда кӏалъала жакъасел цӏалдохъабазул эбел-эмен. Гьелдасаги ракӏунтула, школалде щвараб мехалда, директорасдаса байбихьун, учительзаби-предметниказде гӏунтӏун абула, дур магӏарул мацӏалъул дарс сундуе хӏажатаб жойилан, ЕГЭги ОГЭги кьолареб дарс бачине цӏакъ бигьаяб бугилан.\nДие цӏакъ бокьула магӏарул мацӏ. Хъвадаризеги бицинеги санагӏатаб, бечедаб мацӏ буго нилъер. Ахирал соназда, Учительзабазул ассоциацияги гӏуцӏун, рахьдал мацӏалъул байрамалги тӏоритӏун, магӏарул мацӏ чӏагояб букӏин лъазабулеб мехалда, жеги цӏикӏкӏана гьелде рокьи.\nЛъималазеги гьезул эбел-инсуеги рахьдал мацӏ гьуинлъизе ккани, учитель цӏикӏкӏун хӏалтӏизе ккола, дарсида рекӏелгъеялъул къагӏидаби хӏалтӏизаризе ккола. гьединал дарсазда цӏалдохъаби лъикӏ хӏадурлъула. Гьезие бокьула сценкаби хӏадурулеб, байрамазде тадбирал гӏуцӏулеб мехалдаги гьенир гӏахьаллъизе. Гьелъие хӏажатаб материал батула дида «Хӏакъикъаталда».\nЦоги абизе бокьун буго. «Хӏакъикъат» газета хъвайилан абураб мехалда, цониги учителас, живго лъикӏав лъугьун, гьеб хъвачӏо. Гьеб рахъалъ бокьун буго кӏудияб баркала кьезе почалъул начальник Гӏайшат Мухӏамадовалъе. Гьелъ газетал хъвана киналго учительзабазеги пенсионеразеги. Щивасухъе рокъобеги щвезабула «Хӏакъикът» газета».\nАсият Абакарова, Лаваша районалъул Урма росдал школа: «Сиядат Насруллаевалъ, нижер школалъул директоралъ, кӏудияб кӏвар кьола магӏарул мацӏалде. Школаздаса тӏахьал ракӏарулел ругин хабар баккараб мехалдаги, гьелъ абуна, ругел тӏахьазда рекъон хӏалтӏеян нуж, гьелъул жаваб жинца кьелин. Нижер гьитӏинабго школа буго, техникаги гьечӏо. Учителасухъ буго мелги хъарщиги.\nМагӏарул мацӏ лъаларев чи махӏрумлъула халкъалъул гӏаммаб бечелъиялдаса – маданияталдаса, адабияталдаса, тарихалдаса. Гьеб лъазе тӏадаб буго щивасда. Магӏарул мацӏалъул дарсаз щибха дуе кьолебан гьикъарав чиясдаги абизе бокьилаан, гӏурус адабияталъул дарсида малъун лъарав Пушкиница щибха дуе кьурабан, Расул Хӏамзатовасул асарал малъунилан щибха духъа бахъарабан.\n17 соналъ хӏалтӏулей йиго дун школалда. Цӏалдохъабазул мацӏ цӏакъ мукъсанлъун, мискинлъун унеб буго. Школалъул азбаралдаги росдал къватӏахъги бицунеб буго гӏурусгун магӏарул жубараб».\nПатӏимат Мухӏамадова, Чӏарада районалъул Кьорош росдал школа-интернат: «Памятник базе мустахӏикъавлъун рикӏкӏуна дица нижер росдал школалъул директор Хӏасан Хизрибегов. Щибаб педсоветалдаги, пуланаб масъалаги цебелъун тӏобитӏулеб данделъиялдаги гьес аслияблъун гьабула магӏарул мацӏ малъиялъул суал. Нижер, ай рахьдал мацӏалъул дарсал кьолел учительзабазул рахъги ккола кидаго. Цӏалдохъабазе мацӏ бокьизабизелъун, нижецаги гӏуцӏула батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, гъоркьиса Рахьдал мацӏалъул къоялде классазда гьоркьоб къец лъазабуна къадал газетазул. Цӏалдохъабаз хӏадурарал газетазда рукӏана рагъул гӏахьалчагӏаз хъварал кучӏдулги кагъталги, байрам тӏобитӏиялъул тарихги, жидецаго хъварал макъалабиги. Гьединал ишазде машгъуллъараб заманалда лъималазулъ куцала ватӏаналде рокьи, бахӏарзаздаса гьезул чӏухӏи, гьезда лъала миллияб тарих ва маданият.\nРахьдал мацӏалъул тӏахьал школалдаса нахъе ракӏареян хабар бачӏараб мехалдаги, Хӏасан Хизрибеговас дида абуна: «Ругел тӏахьазда рекъон хӏалтӏе. Гӏолел гьечӏони, рокъор тарал басриялги росеян абе лъималазда. Чӏарадисел руго гьалбал хириял магӏарулал, амма, рахьдал мацӏалъул тӏахьал нахъе ракӏареян, хабаргун нилъехъе вачӏарав гьобол нахъе витӏила нилъеца», — ян.\nШколалда кружоказеян рукӏарал сагӏталги гьес кьуна рахьдал мацӏалъул учительзабазухъе. ЕГЭ, ОГЭ бугин, жидехъе кье гьел сагӏталин гьарулеб букӏана математикаялъулги гӏурус мацӏалъулги учительзабаз. Амма гьел гьезухъе кьечӏо».\nУчительзабазулгун гьабураб накъиталдаса гьадинаб хӏасил гьабуна дица: 1. Рахьдал мацӏ малъиялъул иш тӏадегӏанаб даражаялда букӏуна, миллияб рухӏияб бечелъиялъул адаб гьабулев директор вугеб школалда. 2. Цӏалул тӏахьал, методикиял малъа-хъваял, берзулгун гӏинзул алатал гьечӏониги, учительзабазухъа бажарула рахьдал мацӏалдеги адабияталдеги рокьи бидулъ бессарал цӏалдохъаби куцазе. Гьелъие гӏицӏго хӏажалъула учителасул жигарчилъиги хӏалтӏудегун цӏалдохъабазде рокьиги.\nГара-чӏвари гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "935-og-dir-magiarul-matsi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=935-og-dir-magiarul-matsi", "title": "Огь, дир магӏарул мацӏ!", "date": "2018-03-14 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Миллаталъул хазина кӏочон тарал нилъ щал кколел?\nХехаб чуялъ нух гӏадин, хехго ана нилъер маданияталъул сонги, гӏемер бицана, хъвана газетазул гьурмаздаги, амма, къвакӏараб кьуру цебе ккедал, нух бахъизе захӏмалъулеб гӏадин, гьеб цӏунизеги цебетӏезабизеги захӏмалъулеб буго.\nИсана лъикӏаб даражаялда кӏодо гьаруна Цӏумада ва Гумбет районазул газетазул юбилеял, бицана магӏарул мацӏалъул кӏваралъулги хӏажалъабазулги. Бичӏчӏулареб жо буго, кигӏан бицаниги, магӏарулас чияраб мацӏалде цӏай гьабиги гьелъул тӏалаб гьабичӏого тейги. Дида бичӏчӏулеб рахъалъан, гьеб ккола республикаялъул нухмалъиялъулги гьеб иш тӏадал чагӏазулги тасамахӏлъи, бицунеб-абулеб цо, гьабулеб – батӏияб.\nХӏисаб гьабеха, цебе заманалда магӏарул газетазул букӏараб тиражалъулги гьелъул каламалъул бегӏерлъиялъулги – бокьарав хӏакимасе гӏадлу гьабизе рес щолаан, мискинчиясул хъулухъ тӏубалаан. Рукӏана росабалъ библиотекаби, гьенир – магӏарул шагӏирзабазул тӏахьал. Рукӏана миллиял кочӏохъабазул концертал, гьел ра-\nзиго къабул гьарулаан халкъалъ. Гьанже, кӏвар гьечӏолъиялъул хӏасилалда, гьеб рахъ нахъе кколеб буго. Къалел руго клубал-библиотекаби, тӏагӏана концертал, къатӏана зурмилгун къолол гьаракь.\nАбула, гьелъие сурсатал гьечӏилан. Республикаялде бетӏерлъун Рамазан Гӏабдулатӏипов вачӏараб заманалда, ракъдаллъиялъ чӏунтараб тӏабигӏат лъим тӏун хадуб цӏилъулебго гӏадин, чӏаголъизе байбихьун букӏана умумузул гӏадаталги культураги, цӏикӏкӏунеб букӏана культураялде кьолеб кӏварги. Районазул центраздаги цо-цо чӏахӏиял росабалъги рагьана Культураялъул рукъзал, цӏигьаруна умумузул гӏадатал. Къимат гьабуна рахьдал мацӏалъулги: лъималазги чӏахӏиязги ахӏана ва цӏалана магӏарул кучӏдул, гӏуцӏана школазда церерахъинал, бихьизабуна гьезул бугеб гъираги гьунарги.\nЩайха нилъ балагьуларел хӏукуматалъул нухмалъиялъ кинаб кӏвар кьолеб бугеб Украинаялда ва цогидал пачалихъазда жидерго мацӏ цӏуниялде? Дун цӏалана магӏарухъ, магӏарул школалда. Дида ракӏалда буго, дун армиялде ине шагьаралде щвараб мехалъ, дида гӏурус мацӏалда кӏалъазе бажарулароан, бицунеб жо бичӏчӏулеб бугониги. Амма, дица гӏурус мацӏ малъиялде школалда кӏвар кьечӏин абун, магӏарул мацӏалъ квалквал гьабичӏо гьеб лъазабиялъе: дида гьебги лъана – гӏумруялъ малъун.\nГазеталъул тираж дагьлъиги гьелде рокьи чучлъиги дица рикӏкӏуна нухмалъиялъул кӏвар гьечӏолъилъун. Хӏисаб гьабеха, рахьдал мацӏалда дарс цӏализеги гьеб бичӏчӏизеги магӏарул лъималазе бугеб бигьалъиялъул. Тӏоцебесеб классалдаго гӏурус мацӏалда дарс кин бичӏчӏилеб лъималазда, гьениб хъвараб текст цӏалун гурони, гьелъул магӏна лъазе захӏмалъула гьезда. Гьединлъидал дарс гьез рекӏехъе лъазабизе кколеб буго. Тексталдаса цогӏаги рагӏи кӏочани, хадуб бугеб бицине лъачӏого хутӏула гьел. Гьединаб къагӏидаялде ругьунлъарал гьезие цӏали захӏмалъула тӏасиял классазде рахъараб мехалдаги.\nЩайха нилъ балагьуларел хӏукуматалъул нухмалъиялъ кинаб кӏвар кьолеб бугеб Украинаялда ва цогидал пачалихъазда жидерго мацӏ цӏуниялде? Дун цӏалана магӏарухъ, магӏарул школалда. Дида ракӏалда буго, дун армиялде ине шагьаралде щвараб мехалъ, дида гӏурус мацӏалда кӏалъазе бажарулароан, бицунеб жо бичӏчӏулеб бугониги. Амма, дица гӏурус мацӏ малъиялде школалда кӏвар кьечӏин абун, магӏарул мацӏалъ квалквал гьабичӏо гьеб лъазабиялъе: дида гьебги лъана – гӏумруялъ малъун. Ана Северияб Кавказалъул Рохьил магӏишаталъул техникумалде цӏализе.\nПикру гьабе, улкаялдаги дунялалдаги машгьурлъарал нилъер гӏалимзабазулги шагӏирзабазулги хӏакъалъулъ. Гьелги миллияб маданиятгун тарихги лъачӏони, щаллъун нилъ кколел? Росулъ школалда вуго чанго учитель. Щивас магӏарул газета хъвани, гьеб рокъоб лъималазеги хъизамалъеги цӏалулеб бугони, кигӏанха гьеб гьуинлъилеб! Гьединго батӏи-батӏиял хъулухъазда руго магӏарулал. Щивав нухмалъулес кӏвар кьолеб букӏарабани рахьдал мацӏалдеги миллияб маданият цӏуниялдеги, гьелде рокьиги бижилаан, гьелъухъ кьолел кепказдаги барахщилароан.\nХириял магӏарулал, халкъалъул бищун кӏудияб унти ккола магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏал лъугӏулел рукӏин. Гӏатӏиракъалде, шагьаразде гочун руго гӏемерал магӏарулал. Гӏолеб гӏелалда гьениб берцин бихьулеб буго шагьарулъулаб хьвада-чӏвади, кӏочон толеб буго магӏарул халкъалъул адаб-хӏурмат гьабиялъул гӏадат. Лъималазда эбел-инсуца бицунеб буго гӏурус мацӏ ва кӏочене толеб буго жидерабго. Гӏурус ва цогидал мацӏал лъазаруге, гьел хӏажат гьечӏилан абулеб жо гуро, гьелги чара гьечӏого къваригӏуна, амма бегьуларо рахьдал мацӏ кӏоченабизе магӏаруласда. Цересел соназ нилъер росабалъ байбихьул школалда киналго дарсал кьолаан рахьдал мацӏалда. Жакъа школазда кинабго малъулеб буго гӏурус мацӏалда. Мацӏ цӏуничӏони, гьебги малъулеб гьечӏони, кисаха рахъинел церетӏурал гӏалимзабиги, хъвадарухъабигун шагӏирзабиги, рахьдал мацӏ цӏунулел хӏаракатчагӏиги… Риччанте гӏисинго ругьунлъизе нилъер лъимал харбалги кучӏдулги хъвазе. Некӏого щун буго макьидаса рорчӏизе мех, хадуб толеб лъалкӏалъул халгьабизе заман, халкъалъго кьварараб хӏукмуги гьабун, гъункизе. Нилъехъа бажарула миллияб яхӏ-намусги, магӏарулазул къохӏехьейги тӏадбуссинабизе ва «здравствуй» абураб калима магӏару-лазул саламалдалъун хисизабизе. Гӏицӏго хӏажат буго умумуз нилъехъе тараб чодул чӏолорхъо кквезе.\nЦӏуне рахьдал мацӏ\nМацӏалъул тӏогьиса калам арабго,\nТӏоцебе ахӏула «Баба, дада», — ян.\nДицаги ахӏула тӏолго гӏумруялъ\nРахьдал мацӏ бацӏцӏадго цӏуне, наслаби.\nГьелъул адаб тараб агьлу гӏемерлъун,\nГӏурус-авар жубан, чороклъун буго.\nДица киназдего хитӏаб гьабула:\nХвезегӏан рахьдал мацӏ цӏуне нужеца.\nМиллатал гӏемераб Дагъистаналда\nМацӏ цӏунизе тӏадаб щибаб халкъалда.\nЖиндир мацӏ цӏунарас Ватӏан цӏунула,\nМацӏгун Ватӏан тарас кинабго тола.\nХӏабиб Давудов"}
{"slug": "957-og-ebelal-ul-raki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=957-og-ebelal-ul-raki", "title": "Огь, эбелалъул ракӏ…", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Ганчӏиде сверараб, гӏанси лъугьараб\nЭбелалъул ракӏ. Бугебдай дунялалда дур багьа борцунеб роцен!? Гӏазул хӏулабигӏан хӏеренабги, махх-чарангӏан къвакӏарабги, кьурабигӏан согӏабги, сариналгӏан недегьабги. Жиндир къвакӏиялъеги, къуваталъеги дунялго мукӏурлъараб, бищунго бахӏарчиял бихьиназги жиндие бутӏрул къулараб, даим намусалъул асирлъуда ругел руччабазе мугъчӏвалеб дарманлъунги кидаго батулеб. Лъимадул ургъелаз дунялго цӏолеб, гьелъул къварилъабаз гьитӏин гьабулеб. Абадиялъего херлъизе рес гьечӏел дунялалъулго улбузул ракӏал.\nАмма жакъа къоялъ рагӏулел вахӏшиял, ракӏгъанцӏизабулел цо- цо харбаз сири базабула тӏолабго черхалда. Лъимадул къисматалда талихӏалъул накъишал угьулеб эбелалъул гьимигицин ургъел гьечӏолъиялъул рагӏдукье кколеб буго.\nЭбелги лъимерги — бугебдай дунялалда, кинидеги къулун, эбелалъ ахӏулалдаса хӏайранаб кечӏ дунялалда. Бакъул гвангъигицин жиндие къулулеб эбелалъул недегьлъи — гьелъ гурищ нухарегӏулеб лъимер кӏудияб дунялалде!?\nЭбелин абураб дунялалдаго бищун тӏадегӏанаблъун кколеб цӏаралъе мустахӏикъаллъун гьечӏел цо-цо руччабазул сариназухъ гӏенеккидал, гӏодизе бачӏуна.\nАхӏмадил кӏудияб талихӏ\nРехун тарал лъимал. Огь! Гьединал лъималазул магӏуялъул бакӏлъи! Жакъа къоялдаги чан талихӏкъосараб лъимер бугеб, эбелалъул гьаркьихъги гьимиялъухъги урхъун. Гьезие бакъ гьимулеб буго батӏияй чӏужугӏаданалъул бадисан. Гьеле гьединаб бакъул бетӏергьанлъун вахъун вуго Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей дир курсцояй гьалмагъ Майсаратица хьихьун кӏудияв гӏолев вугев Ахӏмадги.\nМайсаратил буго жийго бетӏергьанаб тукен. Цо къоялъ радал тукаде щварай гьей чӏаралъуйго хутӏана, клеенкаялда гъорлъ жемараб гӏомогоро гӏадаб жо багъаризе лъугьиндал. Заманалдасан гьей тӏуркӏизаюна лъимадул гӏодиялъ.\nОгь, эбелалъул ракӏ… Зобалги ракьалги цоцалъ кьабичӏодай, гьеб лъимерги къватӏибе рехун, лъутун уней чӏужугӏадан йихьидал! Ахӏмадие камураб щибго гьечӏо хъизамалда вугевщинав чи тӏаделъун гогьдаризавуниги, гьев гӏолев вуго чорхолъ иман-яхӏ цӏикӏкӏарав васлъун. Унго-унгоги Майсаратицаги гьесие бицунеб недегьаб мацӏ, веэдун толев куц гьев. Жидергоги лъабго лъимер бугониги, ункъабилев Ахӏмад ккола киназулго хазина, гьев лъугьана бищунго бокьулеб лъимерлъун. Майсаратица абула цо-цо мехалда хӏинкъизецин бачӏунила, нагагь Ахӏмад гьавурай эбелалъ, хадуб халги ккун, гьев викъилин ва гьесда кинабго бицинилан. Гьеб букӏина Майсаратие къисматалъул кутакаб кьабилъун. Анцӏила щуго сон барав вас, авариялде ккун, хвана Майсаратил. Руго гьелъул жеги кӏиго васги цо ясги. Амма Ахӏмадица хасаб бакӏ ккола гьелъул гӏумруялъулъ. Тӏадегӏанавги жинда Ахӏмадил баракаталъ гурхӏулев ватулилан абула анцӏгониги сон унтун балеб бугей Майсаратица.\nДица гӏемер пикраби гьарула, Ахӏмад вихьидалги. Кида-къадги лъала гьесда жиндирго къисматалъул къиса. Ялагьиладай гьес жив гьавурай эбел!…\nШигӏруялде бикьараб ургъел\nГьайги ккола дир гьудул-гьалмагъ. Гӏолохъанай магӏарул шагӏир. Дида гьей жийго лъалароан. Амма цӏалулаан рекӏелъан би чвахулел гьелъул шигӏраби. Гьейги ккола лъималазул рокъоса хьихьизе ячарай яс. Рашидатица (гьединаб цӏар кьолеб буго дица гьелъие) кучӏдузулъ нагӏана кьуниги жий рехун тарай эбелалъе, бихьулеб буго гьей гьанжеги эбелалъухъ урхъун йигеб куц. Гьелъ абула жиндир йигин цохӏо жий хьихьарай эбелин. Абуниги, пикрабазулъ гьей цо кидаялиго жий рехун тарай эбелалда цадахъ йиго. Ахир-къадги ятана гьелда дунялалдаго бищунго хирияйлъун хутӏизе кколей йикӏарай гӏадан. Гьелда йихьулей гьечӏо гьанжеги жиндаса лъутизе къваригӏарай чӏужугӏадан, гьелда йихьулей йиго гӏицӏго эбел.\nОгь, эбелалъул ракӏ… Жинца гьаюрай ясалъе дагьабгӏаги бакӏ жиндир рекӏелъ батичӏей вахӏшияй чӏужугӏадан. Гьале жийиланги абун, яс цее чӏедалги, унго, хӏинкъичӏодай гьей? Кинаб асардай гьабуна гӏансиялде сверараб гьелъул рекӏее? Батизего батиларо гьелда ракӏ. Букӏарабани, рес букӏинчӏо, лъимералъ къвал бараб мехалъгӏаги, гьеб хӏеккинчӏого букӏине.\nШагӏирзабаз жидерго асаразулъ борхалъуде яхинаюрай, жидер къвакӏиялъеги кьвариялъеги мугӏрузгицин бутӏрул къулулел, захӏмалъаби къезарулел, къварилъаби хӏехьолел руччабазул цо-цо ишаз чӏегӏераб тӏанкӏ лъолеб буго чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанлъиялда.\nЦояз инкар гьабурал, цогидаз гӏезерурал рехун тарал лъимал…\nЭбелалъул рахь кӏутӏбузда бакъвачӏеб, гьеб рахьдал тӏагӏам щибали лъачӏеб, хӏасратай бабул кинидахъ кочӏоца пана гьабичӏеб, кӏодоэбелалъул маргьа рагӏичӏеб, гьелъул цӏурачадазул хӏалбихьичӏеб, эбелалъул кверазул хӏеренлъи лъачӏеб, гьез беэдичӏеб, кьабичӏеб, бабайиланги ахӏун, гьелъул горбода хурхине рес щвечӏеб, согӏаб къисматалъул квачӏикье ккараб талихӏ билараб лъимер. Лъималазул рокъобгицин жиб кӏваричӏин ахӏдарай эбелалъухъ урхъараб. Даим пашманал беразул хӏикматаб жавгьар. Эбелалъул бадисан талихӏалъул бакъ жиндие гьимичӏеб.\nБерцинлъиялъул къуват\nГьаб хадусеб лъай-хъваялъги дие рагьана инсанасул хӏикмалъиги берцинлъиги. Гьале гьадинаб рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабулин дуниялилан абулеб букӏун батила гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан Ф. М. Достоевскиясги.\nБольницаялда тохтуралъухъе иргаялда чӏаразул читӏир цӏакъго халатаб букӏана. Къватӏиб квачанги букӏана, балеб гӏазуги букӏана. Гьоркьохъеб ригьалъул бихьинчиги гьединайго чӏужугӏаданги рачӏана тӏаде. Ирга щвеялдаса хьулги къотӏун, дун къватӏие ана, рокъоедай инаян ургъулей йикӏана. Дир пикраби цӏаларал кинигин, гьев бихьинчияс дида абуна машинаялъуй гӏодой чӏезе ячӏайила, ирга щвезегӏанилан. Дида гьений дой чӏужугӏаданги ятана. Гьел ратана Гъуниб районалдаса магӏарулал. Гара-чӏварун, гӏурабго заман ана. Цо заманалдасан Гӏумар сагӏтихъ валагьана, ва жив школалде Рамазан щвезавизе ине кколинги абун, машинаги бачун, ана. Цинги Салихӏатица дие бицана Рамазанил хӏакъалъулъ.\n— Щибаб рогьалида, гӏодилаго, вахъинавулаан Субаца жеги макьидаса вигьинчӏев гьитӏинав Рамазан. Гӏемерисеб мехалда, вухулаго, вачунаан гьелъ вас ясли-ахалде. Жийгоги кидаго гӏедегӏун йикӏунаан хӏалтӏуде. Эбелалъулги васасулги гьеб гизма бихьулаан ва рагӏулаан мадугьалихъ вугев Гӏумарида. Гьесда хӏехьезе кӏолеб букӏинчӏо васасул гӏодиги эбелалъул ахӏиги. Цо къоялъ васги вачун, гӏедегӏун уней Субаде данде ана Гӏумар ва вас жиндир дова тейилан абуна. Суба цин йихха-хочана ва хадуй разилъана. Гьей, васги рокъов тун, унаан хӏалтӏизе. Гьитӏинав Рамазан макьид гӏорцӏидал, гьев вачине Гӏумар, яги гьесул лъади Булул, яги гьезул лъимал унаан. Бакъанида Субаги ячӏунаан васасда хадуй. Гьедин ана гӏуралго моцӏал. Тӏолабго хъизан ругьунлъана гьитӏинав Рамазаниде. Гьев гьечӏеб мехалда, ракӏгъоларого букӏунаан Гӏумарил хъизан. Гьале цо къоялъ кватӏана эбел васасда хадуй ячӏине… Ва ячӏинчӏо тӏокӏалъ…\nДолдаса нахъе ун буго анлъго-анкьго сон. Цӏияб хъизамалда цӏияб талихӏ гьимана гьесие. Школалде-нахъеги Гӏумарица машинаялда щвезавула Рамазан. Гӏумарица гьеб жиндирго гьунарлъун гуребха рикӏкӏунебги бугеб. «Дир Булул лъикӏай, хӏеренай, хӏалимай, рокьул цӏураб ракӏалъул гӏадан йикӏинчӏейани, кӏвезе букӏинчӏо дида вас нижеего тезе. Гьеб буго гӏицӏго гьелъул баракат — аслияб къагӏидаялда гьейлъидалха лъимералъе хъулухъ гьабизе кколей гӏадан. Жакъа цебечӏезабизе кӏоларо Рамазан гьечӏеб дирго гӏумру. Вокьула гьев дир васазеги,- ян абула Гӏумарица.\nБухӏараб магӏуги\nбечӏараб тӏегьги\nГьал дица тӏадехун рехсанщинал лъималазе талихӏалъул бакъ гьимана батӏиял хъизамазда. Чиякълъиялъул рагӏдукьан баккун бачӏараб бакъалъ хинлъизаруна гьезул ракӏал. Улбул гурезда кӏвана гьел лъимал цӏияб гӏумруялъул каранда кенчӏезаризе.\nЛъимал рехун тарал улбул. Бугебдай цогиги чӏужугӏадан инжитлъулеб рогьояб цӏар!? Огь, эбелалъул ракӏ, эбелалъул ракӏ, ганчӏиде сверараб эбелалъул ракӏ. Киндай гьелда макьу щолеб, щвараб гӏоралъ айилан лъимерги тун. Лъимадул бухӏараб магӏуялъги жиндихъ гӏащикъал беразул балагьиялъги хӏеккинабулареб эбелалъул ракӏ. Унго, дур бакӏлъиги, цӏоройги, цӏамхӏаллъиги.\nТӏадегӏанас цоцазе бижараб хӏасраталъул кӏиго тӏегь- эбелги лъимерги. Цоцаздаса тӏезаризе лъида кӏолеб. Гьеб кӏиябго тӏегь цӏубазе, тӏегьазе ккани, къваригӏуна хӏасратаб рокьи, эбелалъулги лъимадулги цоцазде бугеб. Цояб камунигицин, цоялъул гӏумру талихӏаб букӏунареб. Бечӏараб буго гьаб дир макъалаялъул багьадурзабазул талихӏалъул цояб тӏегь, гӏицӏго гьаюрай эбелалда гурони, жиндие гӏумру кьезе кӏолареб…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "958-khiikmatal-giadatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=958-khiikmatal-giadatal", "title": "Хӏикматал гӏадатал", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рекӏелгъеялъе\nБертин гьабилалде лъабго къоялъ цебе Малайзиялда бахӏаразе бегьуларо я кваназе, я лъим гьекъезе, ялъуни чвердезе.\nБорнеоялдайин абуни, магьари лъелалде цебе, лъабго сордо-къоялъ бахӏарал хӏажатханаялде ине бегьуларо. Гьединаб гӏазаб гьезда хӏехьезе кӏвани, цӏияб хъизамалъул гӏумру талихӏаб букӏунин рикӏкӏуна гьениб.\nШотландиялъулаз бахӏарай, бертин гьабилелде, чвердезаюла хӏарщулъ.\nШвециялда, къинай яхъинчӏого, чӏужугӏадан росасе ине бегьулароан. Гьедин гьез бихьизабизе кколаан жал лъимер гьабизе бажарулел чагӏи рукӏин.\nАлбаниялда, бертин гьабуралдаса, рос лъабго къоялъ лъадуда хъвазе бегьулароан.\nЯпониялдаги Норвегиялдаги тарбия гьечӏолъилъун рикӏкӏунаро жамгӏияб транспорталда рекӏарал херал чагӏазе бакӏ тунгутӏи. Гьелъул гӏаксалда, гьезие бакӏ эркен гьаби рикӏкӏуна харабазул адаб хвезабилъун. Щайгурелъул гьелдалъун цогидазда бихьизабулеб букӏун гьел херал яги сахлъи гьечӏел чагӏи рукӏин.\nАмерикаялда рос-лъадуца рестораналда квана-гьекъаралъухъ батӏа-батӏаго кьола гӏарац.\nКитаялда, гьаюраб къо баркунцин лъадуе тӏугьдул сайгъаталъе кьей адаб гьечӏолъиялъул гӏаламатлъун рикӏкӏуна. Гьениб абула, гьелдалъун бичӏчӏизабулеб бугин рукъ гӏураб къагӏидаялда берцинго къачӏан гьечӏеблъи ва гьеб берцин гьабизе дуе бокьун букӏин.\nНорвегиялда лъиениги рецц-бакъ гьабизе бегьуларо. Кигӏан кӏудияб бергьенлъи босаниги, цӏалдохъанцин веццулев гьечӏо тӏолабго классалда цеве.\nТурциялъул бихьиназ кӏиабилей лъади ячине бегьуларо, тӏоцеесей лъадуе анцӏазарго долларалъул багьаяб месед кьечӏого. Гьелдалъун бихьинчияс бихьизабулила жиндихъа чанго лъади хьихьун бажарулеблъи.\nИндиялда руччабазул квер бачин рикӏкӏуна гьей къабихӏ гьайилъун.\nЦебе Китаялда гӏадатлъун букӏана хӏатӏал катница дугъдазарун рухьунеб гӏадат. Гьедин гьабиялъе гӏиллаги букӏана хӏатӏал кӏодолъичӏого рукӏин. Гьитӏинал хӏатӏал берцинлъилъун рикӏкӏунаан гьенир.\nЯсаз захӏматаб унти хӏехьезе кколеб ва гьезие рилълъанхъизе захӏмалъулеб букӏиналъ, 1912 соналда гьеб гӏадат хвезабуна. Амма улкаялъул цо-цо регионазда гьеб жеги цӏунун хутӏун буго.\nАндаман чӏинкӏиллъабазда гӏумру гьабун ругел, цоцазда дандчӏвайдал, цояв цогидасул накалдаги кӏусун, гьесда къвалги бан, гӏодизе байбихьула. Гьедин загьир гьабула гьез жидерго рохел.\nТибеталъулазул гӏадат буго, цоцада дандчӏвайдал, мацӏ бихьизабулеб.\nВьетнамалда кӏалъалесул бадире балагьуларо. Гьелъие буго кӏиго гӏилла: тӏоцебесеб — вьетнамалъулазе хасиятаб буго нич, кӏиабилеб – жив кӏалъалев хъулухъалда вугев чи ватизе рес букӏин.\nТанзаниялда квегӏаб квер чорокаблъун, кваранаб бацӏцӏадаблъун рикӏкӏуна. Гьединлъидал гьениб квегӏаб квералъ я кваназе, я сайгъат кьезе бегьуларо.\nБенгал заливалда ругел Никобар чӏинкӏиллъабазда лъади ячине бокьарав бихьинчи анлъго моцӏалъ бахӏаралъул лагълъиялда вукӏине кколаан. Гьеб болжалалда жаниб гьесие ине яс разилъани, росдал советалъ хъизан гьабизе изну кьолаан, разилъичӏони, «бахӏарав» жиндирго рокъове тӏадвуссунаан.\nЦентралияб Нигериялда росасе ине заман щварал ясал, кьаралъизелъун, кваназарула. Гьелъие гӏиллаги ккола гьениб кьариял руччабазул къимат гьабулеб букӏин ва бечедал чагӏаз гьединал лъудбилъун рачунел рукӏин.\nНури Нуриев"}
{"slug": "959-nizh-tsiiyab-giel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=959-nizh-tsiiyab-giel", "title": "Ниж – цӏияб гӏел…", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Жакъа гӏолеб гӏелалъул пикру гьабичӏони, метер кватӏун ккезе бегьула\nДРялъул Культураялъул министерствоялъ хӏадур гьабураб «Сценаялъул устарзабаз – дагъистаниязе» абураб проекталда рекъон, республикаялъул миллиялги Ясикӏабазулги театразде, музеязде ва батӏи-батӏиял выставкабазде рачун рачӏуна росабазул школазул цӏалдохъаби. Магӏарул миллияб театралъул администрациялда, гьеб масъала тӏубазе батана батӏияб нух, ай жалго лъималазухъе гьоболлъухъе унеб къагӏида. Гьайгьай, росабазул клубазда ва школазул данделъабазул залазда букӏунаро театралъул минаялъуб гӏадинаб санагӏалъи. Гьениб гьаракьцин рагӏула батӏияб къагӏидаялда, бажаруларо спектаклялъе хӏажатал декорациял рекъезарунги. Амма гьел гӏиси-бикъинал гӏунгутӏабаздасаги бергьуна нилъер магӏарулазул анищаб мурад тӏубай – миллияб театралъул актеразулгун чӏагояб дандчӏваялъе рес щвей.\nАраб анкьалда къватӏибе биччараб «Хӏакъикъаталда» хъван букӏана театралъул гӏахьалчагӏаз Ленинкенталда бихьизабураб спектаклялъул хӏакъалъулъ. Магӏарул театралъул репертуаралда къадруяб бакӏ кквезе мустахӏикъаб «Ниж – цӏияб гӏел» абураб спектаклялъул хӏакъалъулъ бицани, абизе ккола гьеб хӏадур гьабунин «Балугълъиялде рахинчӏезул ишазулги гьезул ихтиярал цӏуниялъулги комиссиязул хӏакъалъулъ» абураб ДРялъул законалда гьарурал хиса-басиялги «Лъимерлъиялъул анцӏго сон (2018-2027)» абураб улкаялъул президентасул указги кьочӏое росун. Спектаклялъул аслияб мурад буго, миллияб гӏадат-гӏамалалъул кьучӏалда, умумузул хьвада-чӏвадиялъул мисалалда гӏолилал куцай, рахьдал мацӏалдеги, гӏагараб ракьалдеги гьезулъ рокьи цӏикӏкӏинаби.\nУмумузулги лъималазулги пикруялъул дандеккунгутӏи кидаго букӏана ва букӏуна. Абула, лъималазул дунял бичӏчӏизе ккани, гьелъухъ балагьизе кколин лъимадул бераздалъунилан. Гьединаб мурадги цебелъун, хӏадур гьабун буго спектакль Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас. Гьесул гьеб иргадулаб хӏалтӏиги лъугьун буго гьанжезаманалъул масъалабазул унго-унгояб сурат бихьизабулеб асарлъун. Хӏакимзабазул, бечедал гӏадамазул хъизаназда гӏолел ясазе кинабго щола, гӏурусаз абухъе, тепсиялда тӏадги лъун. Гьез рукъ-бакӏ бакӏаруларо, партал чуруларо, квен гьабуларо. Кин гьединаз хьихьизе бугеб жидерго хъизан-рукъ? Инсул рокъоб гӏадинаб бечелъи гьечӏони, хӏехьезе бугищ гьелъ росасул рукъ? Гьединал суалазда тӏад ургъизе ккола нилъ.\nСоциалиял дандеккунгутӏаби сабаблъун кколел руго цӏалдохъабазда гьоркьор расги лъикӏал гурел лъугьа-бахъинал. Ахираб заманалда гӏемерлъун буго цӏалдохъабаз школазде ярагъ босиялъул ва лъукъа-къотӏиялъул хӏужаби. Психологазул пикруялда рекъон, эбел-инсул тарбия щвечӏел лъималаз, хасго гӏиси-бикъинал дандеккунгутӏаби сабаблъун, гьарулел руго вахӏшиял ишал. Хъизамалда бугеб хӏал бихьулеб гьечӏо школалдаги, къайимлъи гьабулел идарабаздаги, полициялдаги. Гьезул масъалабазде кӏваркьолеб гьечӏо лъималазул ихтиярал цӏунизе тӏадал идарабазул хӏалтӏухъабазги. Хъизамазги хӏаракат бахъула гьединал масъалаби къватӏире загьирлъизе риччачӏого тезе. Артистаз хӏаракат бахъула гӏолилазул гӏумру лъазабизе. Жаваб балагьула эбел-инсуда лъимал ва гьединго гӏаксалдаги, ричӏчӏунгутӏиялъе бугеб гӏиллаялъе. Бихьулеб буго лъималазухъ гӏенеккизецин эбел-инсуда заман батулеб гьечӏеблъи. Гӏун бучӏунеб гӏел нилъер букӏинесеб кколелъул, нижеда битӏараблъун бихьуларо гӏолилазде кӏваркьунгутӏи. Жакъайин абуни гьел куцалел «идарабилъун» лъугьун руго Интернетги, социалиял гьиналги, къватӏалги. Аслияб идеологиялъун лъугьун буго гӏарцул яги зарул къуват. Лъималаз мисал босула къуватасдаса ва гьединаб хӏал цӏунулелъул гьел, гӏемерисеб мехалда, мекъаб нухдеги ккола. Хасго гьединаб къорикье кколел руго ресалда ругел эбел-инсул лъимал. Гӏарацги, бокьа-бокьараб ретӏинеги квинеги буго, амма камулеб буго эбел-инсулгун гьабулеб ракӏжубараб накъит. Рокъоб батичӏеб хинлъи балагьизе лъимал унел руго къватӏахъе яги гьеб балагьулеб буго Интернеталъул кумекалдалъун. Гьеле гьел балагьаздаса жидерго лъимал цӏунизе ахӏулел руго эбел-эмен «Ниж – цӏияб гӏел» абураб спектаклялъ.\nИзахӏат Сайпудинова"}
{"slug": "960-zegideril-rasal-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=960-zegideril-rasal-i", "title": "Зегӏдерил расалъи", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["magiarukh"], "text": "Загӏисан буго Шамил, Лъаратӏа, Цӏунтӏа районазул ва Бежтӏа участокалъул росабалъе нух\nДагъистан Республикаялъул картаялда Загӏиб росу бихьизабун гьечӏо. Гьеб буго гьитӏинаб, амма цӏакъго гӏажаибаб тӏабигӏаталъул бокӏон. Тӏабигӏаталъ жиндирго гьайбатлъи цӏакъ сахаватго сайгъат гьабун буго гьеб расалъиялъе. Гьенир гӏемер руго балагьарасул рекӏелъе рохел лъугьинабулел, берзул лазат босизе рес кколел жал. Шамил районалъул ракьалда, Аваргӏоралда тӏасан гьабураб Гьакьадерил кьоги бахун, тӏаса гъоркье рачӏунаго, ниж щвана Хунзахъ районалде гьоркьобе унеб Загӏиб росдал росалъиялде. Гьеб букӏана май моцӏалъул бакьулъе кколел къоязул цояб. Севералдехун ругел рорхатал мугӏрузул гъулдуздаса жеги гӏазу биун букӏинчӏо, амма зегӏдерил расалъиялъ гьеб ихдалил къоялъ, накӏкӏул хӏур гьечӏеб, цӏцӏел бер гӏадин роцӏараб зодисан бакъул чӏораз ракьалъе хинлъи кьолеб букӏана. Тӏегьарал ахбазаналъул гъутӏбузул ахикье бер рехидал, ракӏалде кколеб букӏана гӏурччин-багӏараб кьералъул тӏадагьал накӏкӏул парчабаз бацун бугин гьебилан.\nБогосалъул ва Нухъакьалъул мугӏрузул сиртаз гьури гьукъула зегӏдерил расалъиялде. Гьениб гьава букӏуна бацӏцӏадаб, тӏадагьаб, хинаб. Гьава-бакъалъул лъикӏал шартӏал рукӏиналъ, гьениб рес буго цӏоралъул соно ва инжир гӏадинал, цӏакъго хинлъи бокьулел пихъазул гъутӏби гӏезаризеги гьездаса бачӏин бакӏаризеги. Аслияб къагӏидаялъ зегӏдерил ахикь руго умумузул заманалда рукӏаралги гьанже чӏаралги генул, гӏечул, мокьрол ва ахбазаналъул гъутӏби.\nЗегӏдерил расалъи буго Аваргӏурул квегӏаб рагӏаллъуда. Росдал харабаз бицана цебе заманалда гьенир цӏолбол ахал гьарзаго рукӏун ругилан. Гьеб росу гӏуцӏараб ракьалда гӏадамаз цӏакъ цебегоялдаса гӏумру гьабулеб букӏун буго. Гьелъие нугӏлъи гьабула цо борхатаб гохӏил тӏогьиб гьоркьохъел гӏасрабаздаго букӏараб росдал чӏудби хутӏун рукӏиналъ. Зегӏдерил гӏадамазда гьенир ратун рукӏун руго шагӏил кӏудияб хъаба ва курхьен. Некӏсияб тарихалъул хӏакъалъулъ бицуна килисаялъул хутӏелазги. Гьениб буго «Александр» яги «Александер» абураб цӏар тӏад бикӏараб ганчӏил къоно.\nЗегӏдерил расалъиялде тӏаде къуларал мугӏрузулги щобазулги батӏи-батӏиял суратал лъугьун рихьула. Цо мегӏер яги щоб цогидалда релълъараб гьечӏо. Расалъиялъе берцинлъи кьолеб буго зодил хъахӏиллъиялъги, хьолбохъан чвахулеб гӏурул лъададасан лъугьунеб кунчӏиялъги, ахазул гӏурччинлъиялъги. Аваргӏурул рагӏалдасан сапар гьабизе бокьарал, мугӏрузда ругел хер-тӏегь гьарзаял мучӏдузде ва циязги гӏалхул хӏанчӏазги гӏумру гьабулел рохьазде щвезе ракӏалде ккарал гӏадамазе нух зегӏдерил расалъиялдасан буго. Мугӏруздеги расалъабаздеги щвезе, тӏабигӏаталъул гьайбатал бакӏал рихьизе хиял лъоларев чи къанагӏатги вукӏунаро. Гьеб релълъуна интересаб тӏехь цӏалиялда. Тӏабигӏаталда гӏемер буго инсанасе жеги балъгояблъун хутӏараб, тӏубанго лъазе ва бичӏчӏизе къасд кколеб жо…\nГьанже нуж унел руго Аваргӏурул квегӏаб рагӏаллъудаса тӏаде хунздерил Зоногохӏ мегӏералъул къилбаялъул рахъалдасан. Автобусалъе захӏмат буго хунздерил гӏолохъабаз араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда гӏатӏид гьабураб гьакинухдасан эхеде ххаризе. Гъветӏ-хер гьениб, гъоба расалъиялда гӏадин, гьарзаго гьечӏо, бакӏ-бакӏалда рихьула зазилги гӏинтӏидулги хъархъал. Кьурабазул парсахъ, ганчӏазда гьоркьор рижун руго гӏалхул куракул гъутӏби. Гьенир руго цогидал бакӏалда рижуларел цо-цо хъархъалги.\nРахъ-рахъалде хьвагӏолаго, бигьагьабун эхеде бахунеб автобус гьалагал чвахунцӏадаз чучазарурал бакӏазде щведал, тормозазул бахъуна ракӏгъанцӏизабураб къир-къири. Нухлул кӏиябго рахъалда, цо-цо бакӏалда битӏахъе нухдаги ратула кидаялиго кьурабазулъа тӏун рачӏарал, чӏахӏиял ганчӏал. Эхедерай цӏикӏкӏараб бугелъул, шоферас автобус бачунеб буго «тӏоцебесеб хехлъиялда», «кӏиабилеб хехлъиялде» рехизе, ай дагьаб гӏедегӏизабизе ракӏалде ккани, мотор «угьдизе» лъугьунин абуна гьес.\nАхирги ниж рахана Игирагӏалде. Гьенисан Аваргӏор бихьула хъахӏилаб гӏебаб чалу гӏадин, Загӏиб росуги буго гъоба гъоркьа пахьул шагьиялъул сураталда. Амма къилбаялъул рахъалда Кьилимегӏер бихьула берцинго, битӏахъе аскӏоб бугеб гӏадин. Мугӏрузулаб Дагъистаналда бищунго рорхатал бакӏазда гьоркьоб рехсола Кьилимегӏер. Гьелъул тӏогь буго ралъдал гьумералдаса 2456 метралъул борхалъуда. Роцӏараб къоялъ гьениса Каспий ралъад бихьулинги абуна.\nИгирагӏалдасанги Хунзахъе буго битӏараб бакӏалдасан додинабго къваридаб нух. Нижер гӏемерисел хӏинкъулел руго автобусалъул гордухъа къватӏире раккизе. Нухлул рагӏалда бугеб кьурул борхалъиялъ лъугьинабураб кӏкӏалал тӏину бихьуларо. Нухлул ракьандасан бугеб кьурул рагӏалде ралагьизе бокьани, тӏагъур бортиледухъ, бетӏер эхеде борхизе ккола. Богосалъул мугӏрузул сирталъул къилбаялъул рахъалда ругел гьел гӏицӏал кьурабиги рикӏкӏуна Дагъистаналъул унго-унгоял памятникаллъун.\nБитӏараб нухдасан чанго километр нахъа тедал, ахирги ниж щвана гӏемерал чвахабаздалъун машгьурлъараб хунздерил тӏалъиялде.\nИбрагьимхалил Мухӏамадовасул\n«Хӏикматаб Дагъистан» тӏехьалдаса"}
{"slug": "961-nukhazul-magiishat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=961-nukhazul-magiishat", "title": "Нухазул магӏишат", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нух бугелъуб букӏуна гӏумруги магӏишатги\nКраснодар шагьаралъул проекталъулаб институталъул директор, экономикиял гӏелмабазул доктор, Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа Гӏумаров Элдарица лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул ралел бакӏазул техникум, Комсомольск-на-Амуре шагьаралда — политехникияб институт ва Хабаровск шагьаралда — менеджеразул тӏадегӏанаб школа. 1984-2012 соназда хӏалтӏана (ралел бакӏазда) Комсомольск-на-Амуре шагьаралда, гьелда цадахъ хӏалтӏана университеталда преподавательлъунги. 2013 соналдаса нахъе гӏумру гьабун вуго Краснодаралда. Гьал къоязда Махӏачхъалаялде щварав гьесулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Дуца нухмалъи гьабулеб институталъул аслияб хӏалтӏи щиб кколеб?\n— Нижер аслияб хӏалтӏи ккола нухазул, кьоязул, тоннелазул, гӏадамал хьвадизе ракьалда гъоркьан ва тӏасан гьарулел нухазул, жиндир цо хасаб хаслъи ругел минабазул проектал рахъи, гьел хӏадур гьари. Гьеб киналдаго гьоркьоб цӏакъго кӏвар бугеб иш ккола гьалагал ихаздаса, лъиназдаса, ччукӏалабаздаса росаби, нухал, кьоял цӏуниялъе гьабулеб хӏалтӏиги.\n— Гьединал хӏалтӏаби гьарулел махщелчагӏи гӏемер ругищ нилъер гьанир?\n— Нухазе, кьоязе проектал рахъулел махщел камилал специалистал Дагъистаналда руго. Масала, «Транспроект», «Экодор» гӏадал гӏуцӏабазда. Амма ччукӏелаздаса цӏуниялъул, хьуцӏ бугеб, лъим гӏемераб ракь бакъвазабиялъул, гьениса лъим нахъе тӏамиялъул хӏалтӏаби гьарулел гӏуцӏабигун махщалилал нилъер гьанир гьечӏо.\n— Кинал регионазда нужеца гьединал хӏалтӏаби гьарулел?\n— Краснодар краялда, Ростов областалда, Калмыкиялда, кӏудияб хӏалтӏи букӏана Абхазиялда, чанго тӏадкъай тӏубана Крымалда, Болъихъа байбихьун Табасараналде щвезегӏан 15-гӏанасеб объекталда сверухъ гьабулеб хӏалтӏулъги букӏана нижер гӏахьаллъи.\n— Гьел регионазда дандеккуни, хӏалтӏи гьабизе Дагъистаналда бигьагойищ букӏунеб яги…\n— Гьабулев чияс хӏалтӏи, дандчӏвалел квекӏеназухъ балагьичӏого, кибго гьабула. Нижер руго батӏи-батӏиял регионаздаса (Краснодар, Дагъистан, Дальный Восток, Осетия, Гуржистан) специалистал, хӏалтӏухъаби. Гьез кидаго абула, кире жал щваниги, Дагъистаналда гӏадин (бакӏалъулал гӏадамазул бербалагьи, гьоболасул адаб-хӏурмат гьаби, кибго гьечӏеб хӏисабалъул ракӏрагьи) хӏалтӏи гьабизе бигьаяб бакӏ жидеда батичӏин.\n— Атли-Боюн тоннель бахъиялъе байбихьи лъолел хӏалтӏабазде тӏаделъулел ругин нужилан бицунеб буго. Битӏараб бугищ гьеб хабар?\n— Гьеб бахъизе хӏажат букӏиналъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана советияб заманалдаго. 1970-абилел соназда гьеб хӏалтӏуда квер банги букӏана. Амма, щаялиго, хадуб рехун тана. Тоннель байбихьула Ленинкент поселкалда бугеб школа-интернаталда цебесан, лъугӏула Таргъу-Буйнакск ва Махӏачхъала-Буйнакск нухал цолъулеб бакӏалда. Тоннелалъул гӏаммаб халалъи букӏине буго ункъогӏанасеб километр – гендерил тоннелалдаса 400-500 метралъ къокъаб. Тоннелалъул заказчик ккола «Дагъавтодор», генералияб подрядчик — «Транспроект» проекталъулаб институт, гьелъул заказалда рекъон проект хӏадур гьабизе буго «Ленгидропроект» институталъ. Геодезиялъулаб хӏалтӏи гьабун лъугӏана Краснодаралъул «Аэротех» фирмаялъ, тӏубан буго экологиялда хурхараб кинабго хӏалтӏиги. Гьаб анкьида нижеца байбихьизе буго геологиялъулал хӏалтӏабазде, ай ракьалъул гӏуцӏи (структура) лъазаби, гьелъул анализ гьаби. Гьеб мурадалда 400 метралъул гъварилъуде гӏунтӏун борлъизе ккола ракь. Планалда рекъон, нижеца хӏалтӏи лъугӏизабизе ккола 11 моцӏида жаниб. Гьелдаса хадуб, нижер баяназда рекъон, проектировщиказ хӏадурула тоннелалъе проект. Тоннель бахъун лъугӏизе ккола 2025 соналда.\n— Гӏемерал районазде, росабалъе ярагьунел нухалцин гьечӏеб заманалда, кинаб хӏажалъи бугеб, гӏемераб гӏарацги харж гьабун, гьеб тоннель бахъиялъе?\n— Тоннелалъул багьа, гӏага-шагарго бахуна, 3,5-4 млрд гъуршиде. Гьанже босилин цогидаб рахъги:\n1. 1970-абилел соназдаса нахъе рехсараб нухда ккарал авариязулги, гьезул хӏасилалда хварал гӏадамазулги хӏисаб гьабуни, кинаб гӏарцудалъун гьеб борцине бегьулеб?\n2. Тоннелалъул манзил автомашинаялъ нахъа тола 4 минуталда жаниб.\n3. Тоннелалъ рес кьола магӏарухъе-нахъе къайи чанго нухалъ цӏикӏкӏунги гьединго учузгоги баччизе.\n4. Гьелъул кӏудияб кумек буго тӏабигӏат, экология цӏуниялъе.\n5. Гьелъ квербакъизе буго Махӏачхъала шагьар гӏатӏид ва эркен гьабиялъе.\nАхираб чанго соналда жаниб, гӏатӏид гьарун, къачӏан, ялъуни хъил тӏун нухазда хӏалтӏи гьабичӏеб район хутӏун батиларо. Тоннель бахъиялъ кумек гурони нухазе гьабулеб къварилъи гьечӏо. Тоннельги буго добго нух — кӏудияб, гӏатӏидаб, цӏикӏкӏараб рес ва бигьалъи кьолеб. Гьединаб нух бугеб бакӏалда киданиги гӏумруги магӏишатги лъугӏуларо. Гӏадамалги дагьлъула, магӏишатги гӏодобе ккола нух гьечӏеб бакӏалда.\n— Краснодар ва Дагъистан дандеккуни, щиб абилеб?\n— Россиялъул бокьараб регионалда Дагъистан дандекквей ккола захӏматаб масъала. Дагъистан буго гӏажаибаб, гӏадат-гӏамалъул, мацӏазул, маданияталъул бечелъиялъул рахъалъ цогидаздаса батӏияб регион. Нилъер гӏадамал руго жигарал, бажари бугел. Нилъехъ жеги цӏунун хутӏун буго «нилъехълъи». Амма буго цогидаб рахъги. Кӏиябго регионалъул нухмалъи дандеккуни, гьеб буго зобги ракьги — доба нухмалъиялъ хӏалтӏи гьабула халкъалъе гӏоло, нилъер гьаниб – гьелъул гӏаксалда. Бачина цо-кӏиго гӏадатияб мисал. Краснодаралда, къасимехалда машинабаз (шампуньги хӏалтӏизабун) чурула къватӏал. Махӏачхъалаялда дида жеги бихьичӏо гьедин гьабулеб. Лъим, ток, газ гьечӏин абураб жо Краснодаралда гӏумру гьабулезда лъаларо. Нилъер гьаниб букӏунеб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине ккелищха.\n— Краснодаралдаса балагьани, Дагъистаналда кколел ругел хиса-басиязе щиб къимат кьелеб?\n— Мун рикӏкӏалъарабгӏан, дуе гӏагарлъула Ватӏан. Дора рукӏаниги, Дагъистаналъул ургъел гьабичӏого, кколе-толелъул халкквечӏого ниж рукӏунаро. Ахирал хиса-басиязда хурхун руго кӏийиде рикьарал пикраби: гьаб батизе гурин цо ричӏчӏуларел хӏаял абураб ва кӏиабилебги — хӏай гуреб хӏасил кьолеб хӏалтӏи батилин абурабги. Иргадулаб, сунда бугониги бухьинабураб хӏай гьаб батани, гьеб буго киназего квешаб иш. Кӏудияб хьул буго гьаб багъа-бачариялъ нилъ рачинин дагьаб бацӏцӏадаб, ритӏухъаб хӏасилалде ва гьебги лъугьинин нилъер гӏумруялъул, рукӏа-рахъиналъул низамлъун абураб.\nГара-чӏвари гьабуна\nГӏабаш Гӏабашиловас."}
{"slug": "962-zhivgo-rikikiada-raki-vatianalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=962-zhivgo-rikikiada-raki-vatianalda", "title": "Живго — рикӏкӏада, ракӏ — ватӏаналда", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Томск областалда гӏумру гьабун вуго азаргоялдасаги цӏикӏкӏун дагъистанияв\n24 февралалда Магӏарул театралъул минаялъуб тӏобитӏараб миллиял мацӏазул байрамалда гӏахьаллъизе вачӏун вукӏана Томск областалда вугев Дагъистаналъул миллатазул цолъиялъул нухмалъулев, спорталъул рахъалъ Томск областалъул халкъазул ассамблеялъул председателасул заместитель, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул координатор, Закатала районалъул Макъав росулъа Авсаладин Ахӏмадов. Нижергун букӏараб дандчӏваялда гьес бицана жинцаго гьабулеб хӏалтӏул, тӏоритӏулел тадбиразул, церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ.\n— Авсаладин, кида ва щиб мурадалъе гӏоло Томск областалда гӏуцӏараб Дагъистаналъул миллатазул цолъи?\n— 2010 соналъул августалда байбихьана гьеб гӏуцӏизе. Гьеб жамгӏияб гӏуцӏиялъул аслияб мурад букӏана дагъистаниял, хасго магӏарулал цолъизари, нилъер динги, культураги, мацӏалги цӏуни, гьединго гӏолилазул лъайги спортги цебетӏезаби. Цолъиялъул сияхӏалда вуго 1000-ялдаса цӏикӏкӏун дагъистанияв, гьездаго гьоркьов 500 магӏарулав.\nНижеца жигараб гӏахьаллъи гьабула Томск областалда тӏоритӏулел спортивиял ва культуриял тадбиразда. Масала, 2011 соналъул марталда дагъистаниял гӏахьаллъана областалда тӏобитӏараб кочӏолгун кьурдул конкурсалда. Гьебго соналъул сентябралда тӏоритӏана батӏи-батӏиял байрамалъулал тадбирал. Гьениб буго «Ватӏан» абураб ясазул хореографияб ансамбльги.\n— Гьединал тадбирал тӏоритӏиялъе гӏезегӏан харжал унел ратила. Лъица кумек гьабулеб?\n— Нижеца цолъиялъул гӏахьалчагӏазухъа бакӏарула членхӏакъ. Гьеб гуребги, Тюменалда, Красноярскалда, Элистаялда, Улан-Удеялда, Читаялда, Иркутскалда, Кемероваялда ва Новосибирскалда гӏумру гьабун ругел дагъистаниязги, хасго магӏарулаз, гьабула кумек.\n— Щиб хӏалтӏуда, сунде руссун ругел Томск областалда гӏумру гьабун ругел дагъистаниял?\n— Нилъерал чӏахӏиял хъулухъазда гьечӏо, тохтурзабиги машгьурал специалисталги дагь руго. Аслияб къагӏидаялда нилъер гӏолохъаби хӏалтӏулел руго мебель гьабулел фирмабазда, ралел бакӏазда, гӏезегӏан руго автосервисалъул бизнесалда ругелги.\n— Нилъер миллаталъул гӏадатал цӏуниялъул мурадалда, кинал тадбирал тӏоритӏулел?\n— Цӏияб сон байбихьула Дагъистаналъул миллатазул гьоркьоблъи щула гьабиялъул бицунел тадбираздаса. Тӏоритӏула гӏолилазул дандеруссинал. Кечӏ-бакъаналъул, кьурдабазул ва миллияб ратӏлил кумекалдалъун гӏолилазда рихьизарула магӏарул гӏадатал. Кьурдухъаби-ясаз нилъералги бакӏалъулалги ясал ругьун гьарула кьурдизе. Гъоркьиса нижер кьурдул коллективалъе щвана тӏоцебесеб бакӏ. 2017 соналда Новосибирскалда тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул къо сверана рохалилаб байрамалде, хадуб, гӏолилазул гьариялда рекъон, гьениб тӏобитӏизе ккана хъизамазулгун гӏолилазул дандеруссинги. Расул Хӏамзатов ракӏалдещвезавиялъул мурадалда, щибаб соналъул 23 сентябралда ахӏула мавлид ва тӏоритӏула литературиял сардал. Лъаратӏаса магӏарул мацӏалъул учитель Давуд Давудовас «Халкъазул гьудуллъиялъул рокъоб» лъималазе кьола рахьдал мацӏалъул дарсал.\n— Нужер жамагӏат цӏакъ диналде машгъуллъун бугин бицунеб рагӏана…\n— Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо чанго мисал бачина дица. Шамил, Гъазимухӏамад, Хӏамзат-бег, Гӏабдурахӏман Даниялов, Расул Хӏамзатов гьарурал ва хварал къояз ахӏула мавлидал, кьола садакъа. Барнаулалда ва Сибиралъул цогидал шагьаразда тӏоритӏула гьединалго дандеруссинал. Киназего бокьулеб тадбир ккола Томск шагьаралъул кӏудияб мажгиталда аскӏоб тӏобитӏулеб «Ролъул бог» абулеб байрам. Гьениб белъуна мугь. Аскӏор ругел шагьараздаса дагъистаниялги ахӏун, мажгиталъуб тӏобитӏула мавлид, хадуб мугьги кванала.\nНижеца кӏудияб кӏвар кьола исламалъул тӏалабазда рекъон гӏолилазе тарбия кьеялде ва гьел диналде руссинариялде. Гьеб хӏалтӏулъ нижее кумек щола Дагъистаналъул Динияб идараялъул гӏалимаздаса.\n— Сибиралъул ракьалда дагъистаниясе къварилъи ккани, цолъиялъ кинаб кумек гьабулеб?\n— Томск областалда нилъер чи хвани яги цогидаб къварилъи ккани, кумек гьарун киназухъего ритӏула СМСал ва къокъабго заманалда жаниб данделъула. Киналго диниял тадбиралги тӏуразарун, Дагъистаналде вачинеги садакъа гьабизеги гӏураб гӏарацги кьун, хварасул жаназа ватӏаналде битӏула…\nДагъистаниязда гьоркьоб гьениб лъикӏаб гьудуллъи буго. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Нилъер диналъул вацасе захӏматаб операция гьабиялъе кумек къваригӏун бугин вацапалдаса бараб ахӏиялъ бакӏарараб гӏарцул кумекалдалъун захӏматго унтарав кӏикъого чиясе операция гьабуна тахшагьаралъул медицинаялъул централда.\n— Дагъистан рикӏкӏуна спортсменазул ватӏанлъун, Сибиралъул дагъистаниязде бахун бугищ гьеб «унти»?\n— Дун ккола Томск областалъул миллатазда гьоркьор спортивиял къецал тӏоритӏиялъул ассамблеялъул жавабияв. Гъоркьиса нижеца тӏоритӏарал футболалъул, волейболалъул, баскетболалъул ва гугариялъул къецазда дагъистанияз гӏемерал призалъулал бакӏал росана. Имам Шамилил призалъе гӏоло тӏоритӏана футболалъул ва волейболалъул турнирал. Гьениб магӏарул гӏолохъабазул «Ас-салам» абураб футболалъул командаялъ гъоркьиса тӏоцебесеб бакӏги ккуна.\nГрек-рим гугариялъул областалъулаб чемпионаталда призалъулал бакӏал росана школалъул цӏалдохъан Тӏагьир Мухӏамадовас, гьединго гӏолохъаби Мурад Маликаевасги Артур Гӏумаровасги. Эмин Амирханов ккола Сибиралъул ва Томск областалъул самбоялъул рахъалъ чемпион, ветераназда гьоркьов самбоялъул лъабцӏулго дунялалъул чемпионлъун вахъана Малахӏасан Калаев.\n— Цогидал миллатазулгун дагъистаниязул кинаб гьоркьоблъи бугеб? Нилъеразда гьоркьор ругищ закон хвезабулел чагӏи?\n— Томск областалда «Цолъи» жамагӏат къадру-къиматалда буго, нилъерал полициялде ккани, ахӏун бачӏуна ва нижецаго гьединасе гӏадлуги гьабула. Ахирал соназда гьединал чагӏи гьечӏин абизе бегьула. Гьеб рахъалъ нилъер гӏолохъабазда берккезе хӏинкъараб хӏал буго.\n— Дагъистаналдаса студентал ругищ гьенир цӏалулел? Ратани гьезулгун кинаб бухьен бугеб?\n— Дагъистаналдаса студентал цӏакъ дагь руго. Ниж гьелгун дандчӏвала, гьезулгун хабар-кӏал гьабула. Томск шагьаралда буго Россиялдаго цӏар рагӏараб анлъго тӏадегӏанаб цӏалул заведение. Нижеца кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго гьел вузазул хӏакъалъулъ Дагъистаналъул гӏолилазда рагӏизабизе, гьел доре ахӏизе, кумек гьабула цӏализе лъугьинаризе ва гьезул цӏалиялдагун гӏадлуялда хадуб халги ккола. Масала, Политехникияб университеталъул нартил факультеталда цӏализе бегьула Дагъистаналда рокъорго чӏунцин (дистанционно).\n— Ахираб нухалда ватӏаналде кида мун щварав, батӏияб-цӏияб хиса-баси бугищ гьаниб дуда бихьулеб?\n— 2013 соналъул 15 сентябралда дун гӏахьаллъана Дагъистаналда тӏобитӏараб ракьцоязул форумалда. Долдаса нахъе Дагъистан лъикӏаб рахъалдехун хисун буго. Цадахъ гӏисинал лъималгун, къаси сагӏат цоялдацин ратана парказда тира-сверулел гӏадамал. Дие гьаниб бокьулареб жо буго диналда рикьалаби гьаризе лъугьин. Бусурбаби цолъун, гъункун рукӏине ккола.\nТомскалъулазда нижеца бицуна хӏухьбахъиялъе Дагъистаналда ругел ресазул хӏакъалъулъ, амма гьанире щун рачӏаразул гӏарз буго ралъдал лъимги пляжги чорокаб бугин.\nНури Нуриев"}
{"slug": "964-sakhl-itsiuni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=964-sakhl-itsiuni", "title": "Сахлъицӏуни", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "70 флюорографияб аппараталъул цонигияб жеги щун гьечӏо\nДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралев Танка Ибрагьимовасул гӏахьаллъигун тӏобитӏараб данделъиялда бицана Россиялъул сахлъицӏуниялъул министр Вероника Скворцовалъ 6 марталда республикаялде гьабураб сапаралъул хӏакъалъулъ. Гьей Дагъистаналде ячӏун йикӏана республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас ахӏун. Гьелдаго цадахъ республикаялде рачӏун рукӏана Медбиоэкстремалъул, Росздравнадзоралъул, ФОМСалъул вакилзабиги. Гьел, тӏоцебесеб иргаялда, щвана федералияб гӏарцул кумекалдалъун рарал бакӏазде. Масала, республикаялъул перинаталияб централде. Гьединго гьалбал щвана республикаялъул клиникияб, лъималазул больницабаздеги.\nВероника Скворцовалъ абуна медицина цебетӏеялъе республикаялда гӏемераб хӏалтӏи гьабун бугила, амма Владимир Васильевасухъе кьураб справкаялда хъван букӏана кӏвар кьезе кколел бакӏазул хӏакъалъулъ.\nЦӏидасан капиталияб ремонт гьабизе кколеб хӏалалда буго 49 ФАП, хасго кӏудияб кӏвар кьезе ккезе буго хъутабазда ругел медицинаялъул идарабазде. Дагъистаналъе кьезе кколаан 70 флюорографияб аппарат. Жеги цониги щун гьечӏо.\nЛъималазул больницабазде ва поликлиникабазде медицинаялъулаб къайи-къоно босизе биччана буго 300 млн гъуруш. Руго жеги гӏемерал бакӏал лъикӏаб ремонт гьабизе ккараб хӏалалда ругелги.\nМинистралъ бицухъе, исана ран лъугӏизаризе руго республикаялъулаб туберкулезалъул поликлиникаги, онкологикияб корпусги, Каспийскалда ва Гъизилюрталда поликлиникабиги."}
{"slug": "965-milliyab-matsialde-roki-bugoni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=965-milliyab-matsialde-roki-bugoni", "title": "Миллияб мацӏалде рокьи бугони…", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарулаз гъастӏа бицани, чӏаголъила рахьдал мацӏ\nРосдал хасаб, болмацӏалдаса батӏияб лугъат бугезе захӏмалъула магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьединлъидалги батила, ахирал соназда гӏемерлъулел руго рахьдал мацӏалъул дарс хӏажат гьечӏин абураб пикру загьир гьабулел дагъистаниял.\nБежтӏа участокалъул Качалай росдал школалда февраль моцӏалда тӏобитӏана магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул анкь. Гьелъул хӏасил гьабуна магӏарул мацӏалъул учительзаби Къалиянова Зулпиятицаги Будунова Патӏиматицаги гӏуцӏараб дандеруссиналда.\nЦӏалдохъабаз бихьизабуна магӏарул мацӏалъул гуч, пасихӏлъи, камиллъи. Гьез рикӏкӏана Р. Хӏамзатовасул «Авар мацӏ» абураб кечӏги. 5-8 классазда гьоркьоб тӏобитӏана «Бищун берцинаб хатӏ» абураб къец. Гьелда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Гӏалиева Заираца (8 кл.). Къадал газеталъул къецалда бергьана анлъабилеб класс. Микьабилеб классалъ бихьизабуна халкъияб кӏалзул гьунаралдаса «Къайицадахъал» абураб маргьаялда рекъон гӏуцӏараб сценка.\nДарсазда учительзабаз хӏаракат бахъана, нилъер лъималазе магӏарул мацӏ лъазабизе кигӏан захӏмалъулеб бугониги, кӏвараб хӏалалда гьеб бичӏчӏизабизе. Магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул декадаялъул ахирисеб къоялъ тӏобитӏана музыкалияб майдан: щибаб классалъул цӏалдохъабаз берцинго, пасихӏго рикӏкӏана ва ахӏана Дагъистаналде ва рахьдал мацӏалде гьарурал кучӏдул.\nЖамалудин Къалиянов,\nКачалай росдал школалъул гӏуцӏарухъан"}
{"slug": "968-veteranazul-tialabalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=968-veteranazul-tialabalda", "title": "Ветераназул тӏалабалда", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏадамаздаса живгоги, жиндидаса гӏадамалги разияв\nРукӏуна гӏадамал гӏумруялъго хъулухъ-ишаздаги хӏалтӏун пенсиялде араб мехалда ужра-мухь цӏехечӏого жамгӏиял хӏалтӏабиги тӏаде росун, хӏалхьиялда чӏоларел, рарал соназул гӏакъиллъиги, гӏумруялъул бечедаб хӏалбихьиги сахаватго цогидазе гӏахьал гьабулел. Гьединазул мурадги букӏуна жамгӏияталда, гӏаммаб ишалъулъ гӏахьаллъи гьаби, бажарараб лъикӏлъи гӏадамазе гьаби. Гьединаздасан вуго Цӏумада районалъул Гьадириса ункъойилъе сонал рахарав Мухӏамад Шамсудиновги.\nДида Мухӏамад лъалелдаса лъебергоялдаса цӏикӏкӏун сон буго. Лъала гьабулеб ишги мухӏканав, ракӏбацӏцӏадав, иман-яхӏги чорхолъ бессарав, чӏухӏа-къули рихарав, чиясе кумекалъе кидаго вахъун чӏарав инсан хӏисабалда. М. Шамсудиновасул гӏумруялъул тӏолабго захӏматалъулаб хӏаракатчилъи тӏей гьечӏого бухьараб букӏана гӏагараб районалда, гьелъул гӏадамазул гӏумруялда, къисматалда. Кинаб хъулухъалда вугониги, тӏадаб иш гьабуна гӏадамаздаса живгоги жиндидаса гӏадамалги разияб хӏалалъ.\nХӏалтӏудаса хӏалхьиялде, пенсиялде аравго, Мухӏамад вищула районалъул рагъул, захӏматалъул ва парахалъи цӏуниялъул органазул Ветераназул советалъул председательлъун. Чанго сон буго цадахъго районалъул Херазул советалъул председателасул хъулухъ тӏубазабулагоги. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Мухӏамад, чан ветеран вугев районалда? Гьезулгун бухьен, гьезие гьабулеб кумек букӏунищ?\n— Районалда буго 21 ветераназул гӏуцӏи, вуго 1421 ветеран – 968 захӏматалъул, 170 чи рагъул соназда тылалда хӏалтӏарав, 13 — афгъаназул рагъул гӏахьалчи, лъабгояв Венгриялъул лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъарав, 1999 соналда букӏараб рагъулъ терроралде дандечӏараб операциялда гӏахьаллъарав 283 чиги. Ветераназул тӏалаб гьаби нижер бербалагьиялда гъоркь букӏуна. Росабазул ва районалъул администрациязул, лъайкьеялъул управлениялъул, школазул, райбольницаялъул, ФАПазул, социалияб хьезариялъул ва военкоматалъул районалъул рагъулаб отделазул вакилзабиги гӏахьал гьарун, тӏоритӏула рейдал. Ниж щола ветераназухъе, гьабула бажарараб материалияб кумек. Райбольницаялъул тохтурзабиги цадахъ рачун тӏоритӏула ветераназул медицинаялъулаб халгьаби. Кумек хӏажатал регизарула районалъул централияб ва участкаялъул больницабазда, хӏажалъи бихьун ритӏула Махӏачхъалаялде, ветераназул госпиталалде. Ветераназул тӏалаб гьаби лъикӏ гӏуцӏараллъун руго Эчеда, Хуштада, Гъоркьа Гьаквари росабазул ветераназул гӏуцӏаби. Гьединго, ветераназул советалъул хасаб бербалагьиялда гъоркь руго ункъоялда анцӏгоялдаса тӏаде сонал аралги, нусго сон тӏубалел ругел къоло щуго районцоялги. «Лъикӏал кверал» абураб сахаватлъиялъул акция тӏобитӏулаго, араб соналъул хаслихъе ригь арал, ресу-\nкъал чагӏазул хурзабахъа, ахакьа бачӏин бакӏаризе кумек гьабуна, хасалоялде бухӏизе цӏул хӏадур гьабуна, гордал нуцӏби хинлъи кколедухъ къачӏана. Бацӏцӏад гьабуна азбар-къоно, минабазда сверухъ бакӏ. Гьеб акциялда гӏахьаллъи гьабуна социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз ва росабазул школазул цӏалдохъабаз.\n— Росабалъ кидаго хӏурматалда рукӏана кӏудиял чагӏи, гьезул рагӏи. Гӏолеб гӏел умумузул тарбиялда, ватӏан бокьиялъул рухӏалда куцаялъе кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб Херазул советалъ? Цебе гӏодобе биччан, лъикӏаб цӏаралда букӏараб Цӏумада районалда парахалъи цӏуниялъул идарабаз экстремистазде данде чанго хасаб операция тӏобитӏана. Гьелда бан дур пикру?\n— Тӏаде гӏолеб гӏел рухӏияб ра-хъалъ куцаялъул хӏалтӏи аслияблъун рикӏкӏуна Херазул советалъ. Нижеца кӏвар кьола гӏолилазда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабиялде, гьел умумузул лъикӏал гӏадатазда, ватӏан бокьиялъул рухӏалда куцаялъе. Херазул советалъ гьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабула школазул нухмалъулезгун, учительзабазгун цадахъ. Гӏолилазе магӏнаяб тарбия кьеялъул суалалги рорхун макъалаби рахъула районалъул «Цӏумадисезул гьаракь» газеталдаги. Районалъул гӏолилазул комитеталъулгунги буго нижер кидагосеб бухьен, тӏоритӏула цадахъал тадбирал. Мисалалъе, щибаб соналда гӏатӏидго кӏодо гьабула Бергьенлъиялъул къо – 9 май ва цойгидал байрамал. Гьелде хӏадурлъулаго гӏуцӏула хасаб комитет, гьелда гьоркьов гӏахьаллъула дунги.\nКӏиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила экстремизмалъул пикрабиги гьезул рахъккурал чагӏиги цере нижер гьанир рукӏинчӏо. Гьеб бачӏана район тун къватӏиб гӏумру гьабун ругел, церего гьаниса араз. Районалда гӏумру гьабун ругездаса лъабго нухалъ цӏикӏкӏараб къадар цӏумадисезул гӏодоблъиялда гӏумру гьабун руго. Районалда гӏуцӏун буго терроризмалде ва экстремизмалде дандечӏараб комиссияги. Гьелъул хӏалтӏулъги жигараб гӏахьаллъи гьабула Херазул советалъ. Щибаб росулъ, школазда тӏоритӏула экстремизмалде дандечӏарал, гьелъул мекъал, нилъер гӏумруялъе, рукӏа-рахъиналъе дандекколарел, заралиял пикрабиги какун цере рахъуна мажгитазул имамзаби, администрациялъул хӏалтӏухъаби, Херазул советалъул членал. Гьал гӏагарал къоязда гьединаб данделъи тӏобитӏана экстремизмалъул пикраби гӏадахъ росарал цо-цо гӏадамал ругеб Кӏванада росулъ.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "969-resuk-aze-kumekal-e-batula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=969-resuk-aze-kumekal-e-batula", "title": "Ресукъазе кумекалъе батула", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Анкьазаргоялдаса цӏикӏкӏун чиясе гьабула кумек\nДагъистаналда къанагӏатги ватиларо «Инсан» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул хӏакъалъулъ рагӏичӏев чи. Амма киназдаго гуро лъалеб гьелъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Фондалъул генералияв директор Мухӏамадрасул Ахӏмадовас бицухъе, 2011 соналда рагьараб гьелъул аслияб мурадлъун ва масъалалъун букӏана закагӏат бакӏари ва гьеб мискинзабазе бикьи. «Гьелде щвезегӏан закагӏат бакӏарулеб ва бикьулеб букӏана мажгиталъул хӏалтӏухъабаз. Къойидаса къойиде цӏикӏкӏине байбихьана закагӏат кьолезул къадарги гьебго заманалда цӏикӏкӏана гьелде хӏажаталги. Гьединлъидал, чара гьечӏого къваригӏана гӏадамаз бачӏунеб закагӏат цо бакӏалде буссинабизе ва гьеб хӏажатазе бикьулеб бакӏ рагьизе. Гьеб масъала тӏаде босана «Инсан» фондалъ», — ан бицана М. Ахӏмадовас.\nБайбихьуда фондалъ тӏуразарулаан Махӏачхъала шагьаралъул кумекалде хӏажатал гӏадамазул мурадал. Фондалъул хӏалтӏи цебетӏурабгӏан гьезухъе рачӏине лъугьана республикаялъул цогидал шагьараздасагун росабалъаги кумек гьарун гӏадамал. Гьелъ, хӏажат бихьун, районазда ва шагьаразда рагьана фондалъул филиалалги.\nКумек хӏажатал гӏадамал гӏарзаги хъван рачӏуна фондалде ва бицуна жидеего бугеб къварилъиялъул. Гьелъул хӏалтӏухъан уна гьезул рокъове, балагьула гӏумру гьабиялъе ва бетӏербахъиялъе ругел шартӏазухъ. Мухӏканаб халгьабиялдаса хадуб хӏукму гьабула пуланав чи ресукълъиялде ккарав ва кумек хӏажатав вугилан.\nГӏемерав чияс кьолеб суал букӏуна фондалде бачӏунеб гӏацул лъица ва кин хӏисаб-суал гьабулебин абураб. Мухӏа-мадрасул Ахӏмадовас бицухъе, аслияб къагӏидаялда фондалъе кумек гьабулеб буго гӏадатиял гӏадамаз. Гьезул мухӏканаб хӏисаб-суал гьабизе гьенибго рагьун буго бухгалтерияги. «Фондалде гӏарац кьурав чи вачӏине бегьула гьениве ва гьесда бихьизабула жинцаго кьураб гӏарцул мухӏканаб хӏисаб. Нижеца хӏисабкьола налогазулаб инспекциялде, пенсиялъул фондалде ва Россиялъул Юстициялъул министерствоялде», — ян бицана фондалъул генералияв директорас.\nЖакъа къоялде ругел баяназда ре-къон, фондалъ кумек гьабула анкьазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чиясе. Гьезда гьоркьоса кӏиазарго чи ккола цӏакъго кумек хӏажатавлъун.\nТӏоцебе фонд гӏуцӏараб мехалда гьелъул аслияб масъала закагӏат бакӏари ва гьеб хӏажатазе щвезаби букӏун батани, хадуб цӏикӏкӏана фондалъ гьарулел хъулухъал. Масала, гьединазул цояб ккола фондалъул хӏисабалда ругезе медицинаялъулаб хъулухъ гьабиги. Гьеб мурадалда щулияб бухьен ккун буго республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъулгунги. Руго фондалъул сияхӏалда ругел унтаразе чӏобого медицинаялъулаб хъулухъ гьабулел тохтурзабиги.\nГӏемер букӏуна гӏисиназулги чӏахӏиязулги пайда босулареб ретӏел-хьит. Чанги чи вукӏуна гьелда щиб гьабилебали лъаларевги. Гьединал ратани, гьезулги рес буго къваригӏунареб ретӏел-хьит фондалде кьезе. Гьенисан фондалъул хӏалтӏухъабаз гьеб бикьула хӏажалъи бугел гӏадамазе.\nРахӏматуллагь Мухӏамадов"}
{"slug": "970-mal-arab-guroni-l-aze-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=970-mal-arab-guroni-l-aze-gechio", "title": "Малъараб гурони лъазе гьечӏо", "date": "2018-03-16 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Малъараб гурони лъазе гьечӏо\nБице дурго кӏудадал — рагъул гӏахьалчиясул хӏакъалъулъ\n2016 соналъул 16 сентябралда къватӏибе биччараб (№37) «Хӏакъикъаталъул» 15 гьумералда букӏана «Щивго кӏочене теларо, щибго кӏочене биччаларо» абулеб цӏаралда гъоркь бахъараб дир макъала. Гьеб букӏана газеталъул редакциялъ школазул цӏалдохъабазде гьабулеб хитӏаб. Гьелда хъван букӏана: «Рагъда чӏваралги, гьениса тӏадруссун хадур хваралги, тылалда хӏалтӏулаго, бергьенлъи гӏагар гьабуралги чагӏи нилъее ккола рагъул бахӏарзал. Жакъа гьел цереса индал, цӏигьабизе ккола «Щивго кӏочон гьечӏо, щибго кӏочон гьечӏо» абураб ахӏи. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи -нужерго кӏудадабазул хӏакъалъулъ бицине нужеде-гьезул ирсилазде ирга щвана. Лъикӏаб тадбир ккола «Хвел гьечӏеб полк» абун, рагъда хварал бахӏарзазул сураталги росун, шагьаразда, районазда ва росабалъ тӏоритӏулел тадбирал. Амма гьеб ккола лъагӏалида жаниб цо нухалда — Бергьенлъиялъул къоялда тӏобитӏулеб тадбир. Хадуб щибха гьабизе бугеб, кинха нилъеца ракӏалдещвезаризе ругел гьезул цӏарал, кин загьир гьабизе бугеб гьездехун бугеб адаб-хӏурмат?! Гьеб жавабияб хӏалтӏулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе ккола рагъул гӏахьалчагӏазул наслабаз».\nГьеб тадбиралъул аслияб магӏна букӏана «Хӏакъикъаталъул» гьурмаздаса цӏалдохъаби жидерго кӏудадабазул хӏакъалъулъ бицине ахӏи. Лъазабун букӏана гӏисинал мухбирзабазда гьоркьоб къецги. Кигӏан бокьичӏониги, абизе кколеб буго, ватӏан бокьиялде лъимал куцалеб гьеб тадбиралде кӏвар кьечӏо я районазул лъайкьеялъул управлениязул начальниказ, я школазул директорзабаз, я школлъималазе тарбиякьеялъул иш тӏубалел гьезул заместителаз. Гьединлъидал цӏалдохъабаз нижехъе битӏунго бачӏинего бачӏана анцӏго макъала. Гьезие къимат кьуна редакциялда гӏуцӏараб хасаб жюриялъги. Палхӏасил, гьаб нухалда хӏукму гьабуна киналго макъалабазул авторазе мустахӏикъал бакӏалги сайгъаталги кьезе ва гьезул цӏаралги газеталдасан рехсезе. Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Гӏумарова Патӏимат ва Шамил районалъул Гьандихъ росулъа Ибрагьимов Мухӏамад, кӏиабилеб бакӏалъе — Махӏачхъала шагьаралъул «Возрождение» школалдаса Мухӏамадова Хадижат, Хасавюрт районалъул Сагьада росулъа\nЯкъупов Исрапил, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Нурмухӏамадов Сайгидмухӏамад, Болъихъ районалъул Кьохъ росулъа Шамсудинова Машидат ва Лаваша районалъул Чуни росулъа Дибиров Рамазан, лъабабилеб бакӏ щвана Хасавюрт районалъул Къарланюрт росулъа Гӏумаров Шамилие, Лаваша районалъул Чуни росулъа Мусаева Машидатие ва Хасавюрт районалъул Советское росулъа Мухӏамадгӏалиева Патӏиматие. Гьезул цо-цоязе, редакциялде ахӏун, Хӏурматалъул грамотаби кьуна. Гьенире рачӏине щвечӏел бокьараб мехалъ гьезда хадур редакциялде рачӏинеги бегьула.\nХириял цӏалдохъаби, тӏаде щолеб буго 9 май — Бергьенлъиялъул къоялъул байрам. Заман щун буго «Хӏакъикъаталъул» гьурмаздасан рагъда гӏахьаллъарал ва захӏматалъул фронталда хӏалтӏарал нужерго кӏудадабазул ва кӏудиял улбузул хӏакъалъулъ бицине. Гьеб мурадалда «Хӏакъикъаталъул» щибаб номералда цӏалдохъабаз жидерго умумузул, рагъул бахӏарзазул хӏакъалъулъ, бицине рес буго. Гьеб ккола цӏакъ жавабияб хӏалтӏи. Гьединлъидал макъала хъваялъе кумекалъе хӏалтӏизаре гьал малъа-хъваял:\nМухӏкан гьабе макъалаялъул бахӏарчиясул цӏар, фамилия, гьавураб росу, район;\nДанде гьаре рагъда гьесул рахъанал суратал;\nРалагье гьесул шапакъатал ва гьезда цадахъ кьурал удостоверениял;\nНахъе цӏунун ратани, къиматал документаллъун рукӏина гьес рокъореги рокъосаги гьесухъеги хъварал кагътал;\nБиблиотекаялда яги рокъоб цӏунун букӏине бегьула гьесул хӏакъалъулъ газет-журналазда бахъараб макъала, гьелдасаги пайда босе;\nГьесул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабе нужерго гӏагарлъиялъул чагӏазда ва росдал харабазда, лъазабе гьев щиб гӏамал-хасияталъул, гьунар-махщалил, магӏишат-гӏумруялъул чи вукӏаравали;\nНужерго эбел-инсуда цӏехон, лъазабе гьесул рагъулаб нухлул, рихьизарурал бахӏарчиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ баянал;\nРагъдаса вуссун хадуб щиб хӏалтӏи гьес гьабураб, жамагӏаталъе ва гӏадамазе щиб пайдаяб иш гьабун бажарараб;\nМакъалаялда къокъабго баян кье гьесул хъизан-кулпаталъул хӏакъалъулъги;\nМатериал данде гьабиялъул ва макъала хъваялъул иш дандбай рахьдал мацӏалъул учителасдагун тарбиякьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏулев директорасул заместителасда ва нужерго класс бачунесда;\nМакъала битӏе гьаб электроннияб адресалде: nuri.nuriew@yandex.ru, «Хӏакъикъаталъул» электроннияб адресалде битӏулеб бугони, «Нури Нуриевасухъе» абун тӏадги хъван, ялъуни почалдасан. Гьелда мухӏканго бихьизабе авторасул цӏарги, фамилияги, цӏалулеб классги, адресги, телефоналъул номерги.\nСуалал ругони, ахӏе гьаб номералде: 8-988-465-90-34.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1062-ditsago-bakh-ana-ganibe-diego-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1062-ditsago-bakh-ana-ganibe-diego-nukh", "title": "Дицаго бахъана гьанибе диего нух", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Кватӏун бачӏараб кантӏи\nГьаб моцӏалъул авалалда Гъизилюрт шагьаралда бугеб руччабазул колониялде гьабураб сапаралда рес щун букӏана жаний тӏамун йигей чанго магӏарулайгун дандчӏвазе. Гьезул цоялъулгун ккараб гара-чӏвари газеталда бахъунги букӏана (№9, 8 март). Жакъасеб гара-чӏвари буго, 228-абилеб статьяялда рекъон (наркотикал ричи-тӏиритӏизари) 12 соналъ туснахъ гьаюрай 55 сонил ригьалъул Мадиналгун.\nДун гьаюна лъикӏаб магӏишаталъул, ресалда бугеб хъизамалда. Школалда цӏалулаан гьоркьохъеб къагӏидаялъ. Школа лъугӏарабго, лъугьана медучилищеялде, кӏиабилеб курсалда цӏалулаго, инсуца кьуна росасе. Гьелдаса хадуб росасе бокьичӏо дун цӏализе, тана цӏали. Руго эбел- эмен, лъабго вац, гьанже диргоги буго ункъо лъимер. Цӏали таралдаса, йикӏана рос-лъималгун рокъой, гӏумру унеб букӏана щибго къварилъи гьечӏого, берцинаб хӏалалда. Хъизан-рукъалъул тӏалабалда цадахъго контейнерал-будкабиги лъун йичарулаан базаралда. Цо нухалда нижер хӏалтӏулъ баккана макалъул хьон. Лъабго лъагӏелгӏанасеб заманалда дица босулаан, бичулаан гьеб. Гьелдаса хадуй дун ккуна, амма тамихӏ гьабичӏого, шагьар тун къватӏие ине гьукъараб низамги чӏезабун (подписка о невыезде), тана эркенлъуда. Амма гьелдаса хадуй дун ургъичӏо, гӏодое юссинчӏо. Лъикӏаб гӏарац щолеб иш бугин цо гьалмагълъиги абун «лъай- хъвай» ккана героиналъулгун (цӏакъго къуватаб, захӏматаб наркотик). Гьелъ дун лъикӏалде ячинчӏо — хеккого ккуна, букӏана суд ва гьале дун гьаний, туснахъалда.\n— «Туснахъалъул 12 сон» абун судияс лъазабидал, щиб хӏалдай дуе лъугьана?\n— Гьел дагьал секундазда жаниб дир пикраби щвечӏеб бакӏ хутӏичӏо, дида бичӏчӏана цо параялда жаниб дир гӏумру тӏубанго хисараблъи. Дун битӏахъе хаган хутӏана, цӏакъго захӏмалъана, битӏун бицани, гьелдаса хадуб гӏумру гьабизецин бокьиларин ккана.\n— Дуца гьаниб бан буго 8 лъагӏел. Чӏужугӏадан, эбел туснахъалда йигин абизецин захӏматаб, нечараб жо гьечӏищ?\n— Бигьалъаниги захӏмалъаниги, гьеб хӏужа кьучӏаб бугелъул, къабул гьабичӏого рес щиб? Амма дица лъилниги бикъун гьечӏо, щивниги чи чӏван гьечӏо, кинабго ккана хъизан-лъималазе гӏарац гьабулаго. Гьелда цадахъго, туснахъалда йикӏанин абураб цӏар щвезе, гьединаб тӏанкӏ тӏад букӏине лъиеха бокьилеб…\n— Хӏакъикъаталдаги дуца чи чӏван гьечӏо, амма дуца бичараб героиналъ лъилниги рокъобе гьеб яги гьелда релълъараб балагь щвезабичӏин абизе кӏоларелъул дуда …\n— Гьеле гьеб суалалъха гьаний йигеб микьабго соналъ дие рахӏат- парахалъи толеб гьечӏеб.\n— Хъизан-лъималазе гӏарац балагьизе ресги, наркотикал ричун гуреб, тӏокӏаб букӏинчӏищ?\n— Ралагьани, ресал камун киданиги букӏунаро. Дидаго лъалареб куцалда, кӏудияб гӏарац берцин бихьун, гьелъ махсараде ккун, бецц гьаюн, бетӏер сверизабун ккана мекъи.\n— Суал гӏажаибабин кканиги-кинха унеб бугеб колониялда гӏумру?\n— Кин унги унеб буго, кир нилъ ругониги, чӏаго ругебгӏан заманалда чӏун букӏунарелъул гьеб. Туснахъалда рокъоб гӏадин букӏинищха, лъикӏ бугин абизеги рес гьечӏо, амма бугеб хӏакъикъаталда рекъон квешги гьечӏо- алхӏамдулиллагь гьаб нилъерго ракьалданиги йиго дун. Абун йиго дир яс, ригьнаде кьезе чӏун руго, дихъ балагьун, дун къватӏие йиччазегӏан… Кутакалда бокьун буго рокъое, лъималазда аскӏое…\n— Гьаниб дуе гӏолареб жо щиб бугеб?\n— Колониялъул хӏалтӏухъабазул бербалагьиги буго лъикӏаб, гӏаданлъиялъулаб, егизе бакӏ буго, квине квен буго, бокьараб-хӏажатаб ккани, лъималаз гьебги бачӏуна, — гьабин абизе дие гӏолареб жо гьаниб гьечӏо.\n— Эркенлъи?\n— Гьеле гьеб гьечӏого букӏиналъха, цоги киналъулго тӏагӏамго гьечӏеб.\n— Кинаб бугин абилеб дуца эркенлъиялъул роцен ?\n— Гьеб сунцаниги борцунаро, гьелде щвараб щибго гьечӏо. Бугеб заманалда, гьелъул къимат гьабуларо, гьанире ккун хадуб байбихьула гьелъул магӏна бичӏчӏизе.\n— Нилъ гьанир гара-чӏвариялда руго доба, 50 метралдасан буго эркенлъи, амма гьелде щвезе дуе буго жеги халатаб ункъо лъагӏел…\n— Дун гьание ккеялъул гӏайиб дида тун цоги лъиданиги гьечӏо, дие гьанибе нух бахъана дицаго. Дие кьуна 12 сон, 20 кьун букӏарабаниги, лъиданиги гӏайиб чӏвазе бакӏ дир гьечӏо. Наркотиказда гӏагарде къазе бегьулароан дун, къалелде, кколаан ургъизе — цоги лъималазулги йиго дунго гӏадинай эбел, цоги эбелалъулги руго дирго гӏадинал лъимал. Гьаний дун цӏакъ гӏемер ургъана, гӏемералъул гьабуна хӏисаб — цо рахъалъан балагьани, дир кӏудияб талихӏ буго жание ккей. Гьание ккун йикӏинчӏейани, ккезе букӏарабги дида лъаларо, амма мухӏканго лъала цо жо — наркотиказ дун лъикӏаб ахиралде ячине йикӏинчӏо.\n— Дур буго ункъо лъимер. Аллагьас цӏунаги, амма дуда рагӏани гьезул лъилниги бухьен ккун бугин наркотиказулгун абун…\n— Гьеб рагӏизегӏан дунго хвезе бокьила дие. Гьел захӏматал рагӏаби дица абулел руго наркотикалги рихьарай, гьезул хӏасилалда туснахъги бихьарай чӏужугӏадан, эбел хӏисабалда.\n— Гьание ккедал, гӏагарлъиялда кӏочон танищ мун, бугищ нужеда гьоркьоб бухьен?\n— Кӏочонги течӏо, рехунги течӏо. Таксофоналдасан (бихьизабураб заманалда рекъон) кӏалъала лъималазухъе. Битӏун бицани, гьезие гӏемерго захӏмат буго дидаса, батӏияса букӏине ресги гьечӏелъул — эбел аскӏой гьечӏого ун буго 8 лъагӏел… Кӏиго моцӏида жаниб цо нухалъ букӏуна халатаб дандчӏвай — гьелъие бугеб хасаб рокъоб рос-лъималгун тӏамизе бегьула лъабго сордо-къо. Гьебго заманалда жаниб букӏуна цо къокъабго дандчӏвай — цадахъ рукӏине кьола 2-3 сагӏат. Ритӏулел передачабазул (хӏакъаб жо, туснахъалде риччалел нигӏматазул бихьизабураб къадар), щибаб къоялъ ритӏаниги къварилъи гьечӏо.\n— Гьанире ккеялдаса цӏуни мурадалда щиб абилеб дуца эркенлъиялда ругезда?\n— Наркотиказухъ щвараб гӏарац, кигӏан гӏемераб гьеб батаниги, буго киса бачӏунебали кибе унебали лъалареб, баракат гьечӏеб, ахир-къадги балагьалде рачунеб гӏарац. Цӏамги чедги кун, хъизан-лъималгун эркенлъуда лъикӏ, наркотиказдаги гьездасан щвараб бечелъиялдаги хъантӏун, цо къо дун йигеб бакӏалда базегӏан. Те наркотикал, къаге гьезда аскӏоре, балагьуге нужеего балагь.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1063-insan-va-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1063-insan-va-k-ismat", "title": "Инсан ва къисмат", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дир лъимерлъи\nДир лъимерлъиялъул тӏоцереселго ракӏалдещвеял пашманал руго. Анлъго сон бараб мехалда, лъана дида дун дирго эбелалда гурев, бесдал эбелалда аскӏов вукӏин. Гьеб заманалде дир рукӏана гьитӏинал вацал, хадурго яцалгиха. Гьел дагьал кӏудиял гӏезегӏан кинабго лъикӏ букӏана. Киналго хъизамаздаго гӏадин, кӏудияв вац хӏисабалда, дица гьезул тӏалаб-агъаз гьабулаан, ккаралъур гьел цӏунулаан, хьихьулаан, къватӏире-рокъоре рачун гьезул ракӏгъезабулаан, гьелгун васандулаан, гьезие батӏи-батӏиял хӏаял тӏоритӏулаан. Эбелин абуни гьеб заманалда рукъалъул хӏалтӏи-пиша гьабулей йикӏунаан. Вацазулго гӏадин, яцазулги гьабулаан дица тӏалаб, гьезул кини кӏибикӏулаан, кьижизарулаан. Дие гьеб хӏалтӏи киданиги захӏмалъулароан, чӏалгӏунароан. Гьелъул гӏаксалда, дун чӏухӏулаан гӏисинал вацал-яцал дир бербалагьиялда гъоркь гӏолел рукӏиналдаса.\nВацал дагьал кӏудиял гӏедал, ниж цадахъ къватӏ-къоноялда батӏи-батӏиял хӏаял гьарулел, расандулел рукӏунаан. Киналго нижерго гӏелалъул лъимал гӏадин квен-тӏех, рукъ-бакӏги кӏочон, эркенго нижерго рекӏелгъеялде руссун хутӏулаан нижги. Гьединаб мехалъ эбел гьитӏинал васазде семулаан, гьезие гӏадлу гьабулаан, дунин абуни, гьезего гьечӏев гӏадин, ургъелго гьабичӏого толаан гьелъ. Дида гӏемераб мехалъ бичӏчӏичӏо щай гьелъ дун гьедин ургъел гьабичӏого толев вукӏаравали. Ракӏалде кколаан, дун гьездаса кӏудияв вугелъул, бокьараб мехалъ рокъове вачӏинеги, бокьараб мехалъ кваназеги бегьулев ватилин.\nЦо-цо мехалда, гӏелцоялгун васандулаго, кватӏун, амма вакъун щолаан рокъове, ва вохун вукӏунаан, гьитӏинаб лъимералде гӏадин диде эбел семулей гьечӏолъиялдаса. Хӏисаб гьабулаан, кин букӏаниги, дун кӏудияв гӏурав бихьинчи вугелъулхаян.\nЦо къоялъ, гьединго, къадеквенги кӏочон, дун кватӏизегӏан хутӏана дунго гӏадал васалгун. Вацалин абуни, церего кваназеги кванан, нахъеги къватӏире рачӏун расандулел рукӏана. Маркӏачӏул гӏужалда дун рокъове векерана, бацӏ гӏадин вакъун вукӏиндал, бачӏинахъего чедги хӏанги босун, хъантӏун гьеб квине лъугьана. Циндаго, йортун ячӏун, кьабун биччан тана эбелалъ дир квералда.\nЧедги хӏанги чӏарбиде бортана.\n— Эбел! – ан ахӏана дица щибго бичӏчӏуларого. – Дуца дир кверал рухизегӏан бегьулареб жо щиб дица гьабураб?\nГьелъул жаваб букӏана цоги бокьараб жоялдасаги цӏакъ дун гӏажаиблъизавураб, кигӏан кӏудияб квешлъиялдасаги дир рекӏелъ хӏунсараб.\n— Дун дур эбел гуро. Мун гьавурай эбелалъ мун рехун тана, гьелъ дудаса инкар гьабуна.\nДун, гӏакълуялдаса арав гӏадин, абизе рагӏи бачӏунарого хутӏана «Мун гьавурай эбелалъ мун рехун тана… рехун тана.. рехун тана».\nГьел рагӏаби рукӏана дир гӏаданир лъулъулел.\n— Дудаса щибниги лъикӏлъи бихьиларо. Духъа бажарулеб жо буго къватӏал свериги кванайги. Тӏокӏаб мунпагӏат дур гьечӏо.\nГӏашилтӏа манташ гӏадин вуго мун. Я къалъул гӏуж гуреб, я къаси мех гуреб, гьаб заманалда кваналев чиго щив вукӏунев?\nБесдал эбелалъ дун рокъоса къватӏиве гъуна ва абуна:\n— Лъугӏана. Гӏела. Гьанжеялдаса нахъе мун кваназе вуго кванда нахъе дица ахӏараб мехалъ.\n— Дир вацал церего квананагури, — илан дунго ритӏухъ гьавизе хӏалбихьана дица.\nАмма гьелъ абуна, дагьавги дун гӏажаиблъизавурал, дир ракӏбекизабурал, кьогӏал рагӏаби:\n— Гьел руго дуе, кӏартиде дандеккун, тагьи гӏадал вацал.\nДида бичӏчӏичӏо, щибго гӏиллаги бицинчӏого, гьелъ дун квешавлъун щай рикӏкӏуневали.\nГьелдаса цӏакъ дие захӏмалъана, гьадигӏан цӏакъ дие хириял гьитӏинал вацал щай гьелъ дидаса рикӏкӏад гьарулелали, щай дун гьелъ гӏабдаллъун рикӏкӏуневали.\nКкараб жогӏаги щиб? Щай гьеб хӏалалъ гьелда дун рихарав?\nГьеб мехалда дида ракӏалде щвана цебеккун дица хӏисаб гьабичӏого, кӏвар кьечӏого тун рукӏарал цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьелъул лъималазул диралде дандеккун, ретӏел-хьит букӏана бацӏцӏадаб, цӏияб. Дирин абуни – басрияб, тӏутӏу-хъухъураб, гъиза-гӏитараб. Эбелалъ гьезда бицинегӏанасеб хӏалтӏи-пиша малъулароан. Дицайин абуни, боцӏи-панзги хьихьизе кколаан, хасало печь бакизеги рак бакӏаризеги дун тӏамулаан. Дие кьолеб квенги букӏунаан гъорлъ цӏецӏ гьанал гуреб, тӏагӏмикъаб, бакъва-кӏасараб.\nДир эбел гьей гурейлъи лъараб къоялдаса, жужахӏалъул цӏаялде сверана дир гӏумру. Эмен рокъов гьечӏеб заманалда, щибаб къоялда гӏазаб чӏамизабулаан гьелъ дида.\nЭменин абуни гӏемерисеб мехалда рокъов вукӏунароан. Гьев мадугьалихъ бугеб районалда учительлъун хӏалтӏулев вукӏана. Эмен вачӏараб мехалъ, бесдал эбелалъ гьесие кидаго дун какулаан. Кванайги кьижиги гурони кинабгӏаги пайда гьечӏев, кӏухӏалав, малъараб гьабуларев бахьикъос вугилан абулаан. Бищунго дир рекӏее захӏмалъулеб жо букӏунаан, дица гьитӏинал вацал-яцазе гӏакъуба кьолин, гьезие чӏезе бакӏ тӏагӏинабун букӏунин дир квешлъиялъилан гьелъ рицунел маргьаби.\nЭменги гьелъ бицаралда божулаан. Гьелъ каканщинахъе инсуца дун квешго кьабулаан.\nЦебе дун сундулго ургъел гьечӏого гьудулзабигун васандилев вукӏунаан, гьелгун мегӏер-гӏалахалде, хӏорихъе чвердезе унаан. Хадуб, гьеб киналъулго дие щибниги кеп букӏинчӏо. Ботӏролъе рачӏунаан батӏи-батӏиял пикраби. Ракӏалде кколаан кигӏан лъикӏдай дие букӏинаан эбел аскӏой йикӏарайаниян.\n«Хӏакъикъаталдаги, уяб жойищха, эбел, дуца дун рехун тей?»\nГьел къваридал пикрабаз рахӏат толареб заманалда дие цоги сундулниги кӏвар букӏунароан. Гьудулзабазухъеги, хӏортӏеги, цоги кивениги дун унароан.\n«Хӏалица ратӏа гьарун ратила нилъ цоцаздаса, — илан пикру гьабулаан дица гьединал лахӏзатаз. Дирго гӏадин эбелалъулги диде ракӏщун батила. Дунго гӏадин гьейги гӏащикъго ятила дунгун дандчӏвазе, дун вихьизе. Цодагьавги кӏудияв гӏуравго, гӏага-божаразда, яги мадугьалзабазда цӏехон, лъазабила дица дир эбел – дир хирияй эбел йигеб бакӏ. Гьеб мехалда ина дун гьелъухъе».\nРокъоб ахӏвал-хӏал къобахъанагӏан хӏалуцунеб букӏана. Диргун киназулго гьоркьоблъи дагь-дагьккун цӏоролеб букӏана. Цо къоялъ бесдал эбел тӏуянго гӏорхъолъа ана.\nДоб мехалда дун ункъабилеб классалда цӏалулев вукӏанин ккола. Школалдаса рокъове дун щвараб гӏужалъ, къаде кваназе гӏодор чӏолел ругоан дир гьитӏинал вацалги, яцалги, гьезул эбелги. Эмен, кидаго гӏадин, рокъов вукӏинчӏо. Дунги гьезда цадахъ столалда нахъа гӏодов чӏана. Киназго цо кӏудияб гъадароялда жаниса кунел рукӏана хинкӏал. Цебеккунго дандебараб кинигин, вацаз цереса росулел рукӏана хинкӏал. Гьеб мехалда, яхӏго гьабизе кӏвечӏого, дица абуна:\n— Щивас жинда цебе бугеб квине ккола. Гӏадамал ругеб яги гьоболлъухъ ккараб бакӏалда нужеца гьединал жал гьаруни, нужеда гӏайиб гьабула, гӏадлу гьечӏел лъимал ругин абула.\n— Вай, вай, вай. Балагьун бихье цо гьав хунчӏрукасухъ, дир лъималазда кин кваназе кколебали малъулев, — ян абуна бесдал эбелалъ. – Дур иш гуреб бакӏалде бетӏер бегьуге, гьвелтӏинчӏ. Дир лъимал жидее бокьухъе кваназе руго. Мун гьезда кӏалъаге, къватӏул таращ гӏадин дица вачахъизе бокьун батичӏони.\nДие гьелъул рагӏаби цӏакъ захӏмалъана. Захӏмалъиларелги кин, щибго гуреб бакӏалдаса гьеб хӏалалъ дун хӏакъир гьавураб мехалъ. Амма щиб дица гьибилеб? Магӏил горо щокъроб къан, хинкӏал эхебего унел рукӏинчӏо. Дун вуцӏцӏухӏун чӏун кваналев вукӏана, гӏодичӏого чӏезе хӏаракатги бахъулаго. Иргадулаб нухалда, дица хинкӏ кӏалдибе бегьулаго, речӏчӏун вачӏун, чӏван гӏучӏгун, дир гьитӏинал вацазул цояв Мирзаца гьеб бахъун ана. Ва жинцаго гьабураб жоялдаса вохун, велъанхъулаго къулчӏун балагьизабуна. Бесдал эбелин абуни, гьеб бихьичӏеб ххвелги гьабун, цо рахъалдехун юссана.\nАмма бихьулеб букӏана Мирзаца гьабуралда гьей рази йикӏин.\nБесдал эбел дихъ ялагьун гьечӏолъиялдаса пайдаги босун, дица Мирзада лъикӏаб хӏалалъ зинкӏкӏана.\n— Эбел! – ан чӏчӏичӏидана Мирза.\nБесдал эбел диде йортун ячӏана:\n— Дуца гьабулеб жо щиб, хӏама? Дуца гьабулеб щиб?\n— Дида гьас зинкӏкӏана. Вай, вай, вай, — илан гӏодана Мирза.\nГьелъ, гъасдаса гъецӏги босун, дида речӏчӏана:\n— Капурго хвараб гьой, дица зинкӏкӏила дуда, тӏокӏалъ вагъаризе кӏолареб хӏалалъ.\nДун, кӏанцӏун тӏадеги вахъун, къватӏиве тӏурана. Гьей дида хадуй гъуна ва, батӏалъи гьечӏого, щвара-щваралъуб кьабулеб букӏана. Рухулел рукӏана гъуждул, кверал, мугъ. Дица, бажарухъе, дунго цӏунулев вукӏана. Хьул букӏана гьей гӏодое юссинилан. Бесдал эбелин абуни, тӏадеялдаса тӏаде ццидахуней, гӏасилъулей йикӏана. Кӏалдибе бачӏанщинабги ахӏулаго, кьабулеб букӏана дида гьелъ гъецӏ, кинабгӏаги гурхӏел-рахӏму кӏочон. Бихьулеб букӏана, дун чӏвазецин гьей нахъе къазе гьечӏейлъи. Гьелъ кьабун бачӏараб гъецӏ дир гӏиналда щвана, чвахун бачӏана би. Дун, бетӏерги сверун, гӏодов ккана. Би бихьарабго, дир гӏакълу босана. Дицаго гьабулеб жо лъалареб хӏалалъ ццидахарав дица, цебе батараб бакӏ речӏчӏун балагьизабуна гьелда. Бесдал эбел, къотӏун рехараб гъветӏ гӏадин тӏирщун гӏодой ккана.\n— Вай, вай, вай. Чӏвалей йиго! Чӏвалей йиго! — йилан чӏичӏидана гьей, квераз чӏабарги хачалаго.\nДир вацал-яцал, хӏинкъиялъ къадал ракьанда тӏепун рукӏана, кколе-толелъул тӏубан магӏнаги бичӏчӏуларого. Гьезие, эбелалъе кумек гьабизе бокьун букӏун батизеги бегьула, амма дир бугеб хӏалуцараб хӏалалъухъ балагьун, гьезда щуризе кӏолеб букӏинчӏо. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ дие къуват кьолеб букӏана. Бесдал эбел гӏодой ккаралъуса тӏаде яхъунелъул, дир беразулъ букӏана гьелда тӏад речӏчӏизе хӏадур вугеб гӏадаб гӏасияб ццин.\n— Нагӏана батад! Тушман! Дун гурей дир лъималги чӏвазе нахъе къаларо мун!\n— Тӏокӏалъ дида квер хъвани – чӏвала! – ян ахӏана дица. Гурдида, кверазда, киса-кибего бахараб бица дир хӏал хисизабун букӏана.\nАмма я унти, яги хӏинкъи дида лъалеб букӏинчӏо. Дун дицаго гьабуралдаса чӏухӏунцин вукӏанин ккола. Гьелъ батила, дун гӏодулев вукӏинчӏо. Дида кколеб букӏана, гьадинай къуватай, къвакӏарай чӏужугӏаданцин дидаса хӏинкъун, кумек гьарун ахӏдолей йигилан.\nНижер ахӏи-хӏуралъухъе гьенире рачӏана мадугьалзабиги цоги-цоги гӏадамалги. Ячӏана инсул эбел – дир дахӏабабаги. Гьеб мина кӏийиде бикьараб букӏана: цояб рахъалда рукӏана ниж, цогияб рахъалда – дахӏададаги дахӏабабаги. Дахӏабаба йихьарайго, бесдал эбел жеги цӏакъ ахӏдезе, чӏичӏидизе лъугьана:\n— Балагье гьав тушманасухъ! Дагьаб жо хутӏана дунги дир лъималги гьас чӏвазе. Дица кваназеги ретӏинеги кьун хьихьараб гьвел тӏанчӏица, къватӏул тарщица дирги дир лъималазулги бадибе тулеб буго!\nБесдал эбелалъе бокьун букӏана дихъа бакӏ бахъизе. Дахӏабабаца нахъе аян дун довегӏан тункана. Гӏодобе бакӏги рехун, дун, гьеб дие чиярлъараб рокъоса къватӏиве ана. Лъаларо гьабсагӏатги дида, щай гьеб кинабго гьедин ккарабали.\nЙигелъул бесдал эбелги тун, дахӏабаба дида хадуй ячӏана. Ботӏрода кверги бахъун, дун жидерго рокъове вачана. Рокъове щведал, гьелъ абуна:\n— Гӏела. Кинабго бичӏчӏана. Гьанжеялдаса мун нижеда цадахъ вукӏине вуго.\n— Кидагойищ?\n— У, кидаго, дир бурутӏ.\nДахӏабабаца бигьагьабун дир бетӏералда квер хъвана. Балагьана бидул цӏураб гӏиналъухъ.\n— Щибгӏаги дуда кьабураб гьадай нагӏанабатадица?\n— Гъасда букӏунеб гъецӏ.\n— Кверал къотӏаги гьелъул. Бидухъ виччан васгун, жий чӏвалей-хъолей йигей гӏадин ахӏдолей йиго. Дой йигеб бакӏалде хӏетӏе чӏелареб дуца тӏокӏалъ.\nВачӏана рокъове дахӏададаги. Гьев ун вукӏана дагьав цевегӏан хварав чиясул рухӏалъе къулгьу гьабизе. Дун хӏинкъун вукӏана гьев диде семилилан. Амма дахӏададаца, бетӏер кӏибикӏун гурони, щибго абичӏо. Бихьулеб букӏана гьеб лъугьа-бахъиналъ гьесулги рахӏатхвезабураблъи.\nКъаси дун дахӏабабадасаги дахӏадададасаги балъго гӏемерав гӏодана…Эбел, хирияй эбел, гӏагарай эбел, аскӏой мун йикӏарайани бида вецӏцӏиледухъ дун вухизе лъиданиги кӏвелароан."}
{"slug": "1064-emen-giadav-gubernator", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1064-emen-giadav-gubernator", "title": "Эмен гӏадав губернатор", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьес хъаравулзабазда абула, гъов ялгъизав чи валагьун, жинда аскӏове вачеян\nГӏемер бицуна ва хъвала магӏарул инсанасул тӏабигӏат-гӏамалалъул тӏадегӏанлъиялъул хӏакъалъулъ. Хасго гьеб батӏаго загьирлъула ватӏан тун рикӏкӏад гьавурав ва гӏурав магӏаруласулъ. Гьединазул цоявлъун ккола жиндир хӏакъалъулъ чанги нухалъ «Хӏакъикъат» газеталъул гьурмаздасан бицарав, Турциялда вугев Мелъелтӏаса мугьажирзабазул вакил Ахӏмад Чинар. Гьабсагӏаталда гьев вуго гьеб пачалихъалъул бищунго машгьурал вилаятазул цояблъун кколеб Зонгулдак вилаяталъул губернаторлъун. Дагьаб цебегӏан гьесул, пачалихъияв хӏакимасул гӏаданлъиялъул, берцинаб хасияталъул хӏакъалъулъ хъван букӏана «Темпо» газеталда. Гъоркьехун кьолеб буго гьелъул таржама.\n* * *\nЗонгулдак вилаяталъул губернатор Ахӏмад Чинарица, хъулухъалъул машинаялда унаго, квербакъи гьабун буго нухда вихьарав рекъав ва рукъ гьечӏев чи вихьидал. Губернатор Чинарил гӏаданлъиялъ жиндие гьабураб асаралъул, рижизарурал пикрабазул хӏакъалъулъ баян гьабурав гӏажизав Мехӏмет Ибишица гьадин абуна: «Зонгулдакалда гӏемерал губернаторал рихьана дида, гьел дида аскӏорецин къалароан. Гьанже вугев губернаторин абуни, цӏакъ лъикӏав, дурусав инсан вуго, цӏакъ гьуинав гӏадан вуго, инсанасе битӏахъего эмен гӏадин вукӏуна гьев», – ян.\nЗонгулдакалъул губернатор Ахӏмад Чинарица квербакъи гьабуна рукъалъул къварилъи бугев ва хъизамалдаса ватӏалъарав 51 сон барав, лъабго лъимадул эмен рекъав Мехӏмет Ибишие.\nГӏага-шагарго кӏиго моцӏалъ цеве цо цӏадалаб къоялъ рескъотӏараб хӏалалъ нухдасан унев Мехӏмет Ибиш вихьула Зонгулдакалъул губернатор Ахӏмад Чинарида. Гьес хъаравулзабазда буюрула, гьев валагьун, жинда аскӏове вачеян. Кӏиго сагӏаталъ цӏех-рех гьабун хадув, гьезда гьев ватула ва губернаторасул резиденциялде вачун вачӏуна.\nЛъугьаралъул ахир гьадин баян гьабуна Мехӏмет Ибишица: «Цо багӏарараб къоялъ хӏал гьечӏеб куцалда цо къотӏносан унев вукӏана дун. Гьеб мехалда къотӏносан унев вукӏарав нилъер губернаторасда вихьун вуго дун. Гьес жиндирго хъаравулзабазда абун буго дов нухда вихьарав чи валагьун, жинда аскӏове вачун рачӏаян. Гьез дида абуна: «Мун губернаторас ахӏулев вуго», – ян. Гьединги абун, машинаялдаги рекӏинавун, дун гьез щвезавуна губернаторасухъе.\nГубернаторасул резиденциялда гӏодорчӏана, ва гьес дида гьикъана: «Гьа, щиб хӏал бугеб дур?» – илан. Дицаги дирго бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ мухӏканго бицана гьесие. Гара-чӏвариялъул ахиралда: «Дуе хӏажатаб квербакъи гьабизе буго», – янги абун, губернаторас цӏакъ хинаб ва рекӏелаб къагӏидаялда къо-лъикӏ гьабуна диргун.\nГубернаторасул кабинеталдаса къватӏиве лъугьаравго, гьебсагӏат цояс дун чӏезавуна ва рукъ кквезе гӏоло хӏажатаб къадар гӏарцул кьуна. Дица гьеб гӏарцухъ рукъги ккуна. Кӏиго моцӏ буго нилъер губернаторас дир мухьдахъ ккураб рукъ бецӏулеб бугелдаса», – ян.\nЛъабго лъимергун хутӏарав Ибишица гьадин бицана хадуб: «Нилъер хӏурматияв губернатор Ахӏмад Чинарица сундулъго кумек гьабуна дие. Аллагь разилъаги гьесдаса. Къватӏив хутӏарав дие рукъ балагьизеги къваригӏарабщиналъе кумек гьабизеги рагӏи кьун букӏана гьес ва гьеб кьураб рагӏиги ккуна: дица цо рукъ балагьана ва гьелъухъ кира гӏарацги нилъер губернаторас кьола. Гьесул квербакъиялдалъун гьаб квачараб заманалда къватӏив цӏорон хвеялдаса хвасарлъана дун. Гьанже хинаб цо рокъоб гӏумру гьабулев вуго дунги дир лъималги», – ян.\nЖинда гӏемерал губернаторал рихьанин ва гьезул цонигияв жинда аскӏовецин къачӏин бицарав Ибишица абуна: «Гьанже вугев губернатор вуго цӏакъ лъикӏав, дурусав инсан, гьуинав гӏадан, губернатор гуро гьев, унго-унгояв кӏудияв эмен хӏисабалда тӏалаб гьабула гьес гӏадамазул. Аллагьас гьев губернатор-эмен нилъедаса ватӏа гьавугеги. Нижее, мискин-пакъиразе, гьадинав цо губернатор хӏажат вукӏана. Ва кӏудияб шукру буго, Аллагьасги нижее гьадинав цо гӏажаибав, нижерги тӏалаб гьабулев цо губернатор-эмен витӏарав. Аллагьас гьесие халатаб, сахаб гӏумру кьеги. Нижедаса ватӏа гьавугеги гьев», – ан.\nТурк мацӏалдаса буссинабуна\nАхӏмад Муртазагӏалиевас."}
{"slug": "1065-bakhik-osarab-k-avm-k-abikhiab-ummat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1065-bakhik-osarab-k-avm-k-abikhiab-ummat", "title": "Бахьикъосараб къавм, къабихӏаб уммат", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Тохтур Сахрудин Сапаровасе\nСахрудин, бице, вац, гьечӏищ даруго\nДагъистан унтараб квешаб унтуе?\nКидаха, Сапаров, сахлъизе бугеб\nБалагьаз бизараб узденазул ракь?\nКьолеб буго халкъалъ къойил гьеб суал\nУлкадул бутӏрузе ва тӏадчагӏазе.\nГӏинкълъунги беццлъунги гьел ратичӏони,\nЩай гьез гӏадлу-низам хвезабулезда.\nЗакон чӏаго букӏин лъазабулареб,\nГьезда тамихӏалъул цӏал кьабулареб?\nБихьулищ доб мина, хъала гӏадинаб,\nХъурмица бикъараб гӏарац кьун бараб?\nЩай тӏадал чагӏаца гьикъулеб гьечӏеб,\nГьеб киса бикъараб, лъил бикъарабан?\nРагӏулищ гӏарз-зигар захӏматчагӏазул,\nЧилъи-яхӏ биларал хӏакимзабаца,\nХӏалихьатал, пучал чиновникаца\nЖал гуккулел ругин, хӏулулел ругин?\nХӏакъикъат, Сахрудин сахлъидул гӏалим,\nГьаб жакъа къоялъул гьединаб гьечӏищ?\nГьечӏебани дица, авлахъалъул вас,\nСарин гьелъул бицун хъвазе букӏинчӏо.\nСахрудин, бице, вац, гьечӏищ даруго\nДагъистан унтараб гьаб унтиялъе.\nНахъегӏанлъи чода…\nНахъегӏанлъи – чода, чилъи-яхӏ – лъелго,\nЛъугьараб щиб дуе, Шамилил улка?\nУзденлъи – хъощазухъ, хъурмал – хъулбузухъ,\nХъулухъ цӏикӏкӏаразул цӏар бахъун буго.\nРакъуца холезул къокъаби рачӏун,\nКъойил рощнол гохӏал хъирщулел руго.\nХъаталги цере ккун, унтарал руго,\nАллагь рехсолаго, кумек гьарулел.\nГьел ракъизарурал, унтизарурал,\nРасги нечечӏого, чухӏун хьвадула.\nГьел хьуцӏил къуркъбузул къохьол гьурмазда\nГьечӏо намусалъул лъалкӏцин бихьулеб.\nБахьикъосараб къавм, къабихӏаб уммат,\nКъадарабщиналъул рахъккураб агьлу,\nКъиямасеб къоялъ махӏшаралдани\nРорчӏизе гьечӏо нуж дивананлдаса.\n***\nРакӏ бацӏцӏад гьечӏони,\nЩвеладай кири:\nКкураб кӏалалъулги,\nБараб какилги?\nРакӏ бацӏцӏад гьечӏони,\nКъабуллъиладай,\nКъойилго аниги,\nУнго, дуе хӏеж?\nХӏежги, какги, кӏалги,\nГурищ чиясе\nЧамгӏаллъи гьечӏеб ракӏ,\nРекӏкӏ гьечӏеб гӏамал.\nГӏадамал, гӏадамал\nГӏумрудул цӏваби,\nЦӏуне, воре, ракӏал,\nРекӏкӏ рикӏкӏада тун.\nГӏарацхан\nГьеб дур рокъоб бечелъи\nХӏарамаб букӏиналъул.\nХӏарамаб тӏансаялда\nТӏад бараб какил кири,\nКигӏан гӏемер баниги,\nДуе щунгутӏиялъул.\nДуца дида абила\nГьеб Аллагьасда лъалин.\nГьелда дир дагӏба гьечӏо\nГьесда лъала кинабго.\nАммаха, ле Гӏарацхан,\nХалкъалъул берал, гӏундул\nБеццал, гӏинкъал гьечӏеллъи\nКӏочон тоге дудаги.\n***\nМекълъиялъул защитник,\nТӏекълъиялъул адвокат,\nКинан мун нечоларев\nРитӏухълъидул бицине?\nБеццал-гӏинкъал ругелъуб\nБице дуца, бахьикъос,\nИяхӏгун намусалъул,\nЧилъи-гӏаданлъиялъул.\nЛъала, дуего мунго\nЛъикӏав, цӏакъав чи вукӏин.\nЦӏакълъи, лъикӏлъи чиясул\nЧамгӏаллъиялъ борцани,\nДуде щвараб багьадур\nГьаб ракьалда вугодай!\n***\nИяхӏ щайзе, Хӏабиб, гӏарац бугони,\nНамус сундуе, вац, хъулухъ щванани?\nШабаш-ришват щолеб хӏалтӏуе гӏоло,\nГӏаламго урхъараб магӏарул чилъи.\nЧчамгӏалаб агьлуялъ лъола молода.\nЙирчи Хъазахъица хъвачӏо, дир гьудул,\nХъурмазе рецц гьабун, цохӏониги кечӏ.\nРес къотӏун, къо бухӏун хутӏананиги,\nМискинлъиялъ къвал бан рукӏананиги,\nЭтим Эминица, Батирайица\nБечедал реццарал ахӏичӏо кучӏдул.\nЭлдарилас яги Хъахӏабросулъе\nХъванищ цониги кечӏ. Кепкал щвезелъун.\nХвел гьечӏел къеркьеял, къохӏехьей, гьунар\nЖидее даимго чӏухӏилъун бугез.\nАмма, Мугӏрул улка, мун бикъун кванан,\nКепалда ругезда гьеб рагӏуларо.\nРагӏаниги, божа, женаб агьлудуй\nГьезул тӏалаб-агъаз букӏине гьечӏо.\nХъублъи бетӏералда, тӏекълъи ханлъуда,\nХварабищ, Дагъистан, дур намусгун яхӏ?\nХӏелхӏел, цӏогь – гьундузухъ, мацӏ, хӏилла – тӏохда,\nТӏадмагӏарул чилъи, лъугӏарабищ мун?\n***\nРухӏалъул бахӏарзазе,\nЯхӏалъул узденазе\nБетӏер къуле къойилго,\nКъадру гьабе даимго.\nКъадаразда, тохазда,\nИнжитазда, женазда\nАбе битӏараб рагӏи,\nТӏулил вац вукӏаниги.\n***\nДуца битӏаралда\nБитӏараб абе,\nБетӏер къотӏаниги,\nКъуркьуге тӏекълъуй!\nТӏолабго гӏумруялъ\nГӏазаб къулчӏун чӏа,\nКъабихӏлъиялъул мун\nЛагълъун вукӏунге.\nКӏочонге мун гӏурал\nМугӏрузул къанун.\nКъарнабаз хвел гьечӏев\nШамилил чилъи.\nЧорокаб хьуцӏил чи\nРикӏкӏадегӏан те,\nРекӏелъ бакъ бугезул\nГорсверуда чӏа.\nГьеб мехалъ гӏумрудул\nЛахӏзатгун хӏикмат\nХӏарамлъиларо дуй\nДуниялалда.\nДуца битӏаралда\nБитӏараб абе,\nБетӏер къотӏаниги,\nКъулуге тӏекълъуй.\nГӏунхрузул парламент\nБичарабищ, Гӏали, гӏинбекий гьаракь,\nКьурабищ, бетӏерчӏахъ, гьелъухъ дуй гӏарац?\nГӏажаибаб заман, хӏикматаб улка,\nХӏукуматги халкъги къойил гуккулеб.\nМахӏги нечечӏого ахӏтӏолел руго,\nЖал депутаталлъун рищизе кколин.\nКинаб закон, гӏадлу букӏине бугеб\nГӏунхрузул парламент бугеб мехалда?\nГьеб бицинчӏониги, лъалеб жо буго,\nЛъаниги пайда щиб, улкадул бутӏрул\nБутӏрул гьечӏел рукӏун, гьедин бугелъул.\nБичарабищ, Гӏали, гӏунхрузе гьаракь,\nКьурабищ, бетӏерчӏахъ, гьелъухъ дуе мухь?\nВабабай, вададай демократия,\nДуца гуккулеб куц, огь, гьаб мискин халкъ!\n***\nДицаги гьикъана Хъумурбегида\nХъулби гӏадал рукъзал, хирияб мебель,\nМерседесал, дача, чанго магазин\nКинаб гӏарцухъ дуца росаралилан.\nРасги нечечӏого, гучав цӏогьорас,\nАллагьас кьунилан, кьварун абуна.\nАллагьас бикьизе дуй кьун батани,\nРакъун къойил холез щибха гьабилеб?\nГьединаб буго кечӏ гьаб заманалъул –\nЗаконги гӏадлуги кагътида буго,\nГурхӏел гьечӏел хъурмаз, хъубал тӏадчагӏаз\nБикъулеб, бикьулеб буго бокьухъе.\nХъвала поэтазги гьел реццун кучӏдул,\nКинабгӏаги къадру жидерго гьечӏел,\nКинабгӏаги къимат рагӏулги гьечӏел."}
{"slug": "1066-dir-magiil-garalgun-tsol-arab-magiu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1066-dir-magiil-garalgun-tsol-arab-magiu", "title": "Дир магӏил гаралгун цолъараб магӏу", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Кин йигей, магӏарулай?\nГӏадамазе йокьулей хӏикматай магӏарулай. Гьурмадаса гьимиги лъугӏуларей, рекӏедаса рокьиги тӏагӏунарей, гӏанчӏлъиги гогьлъиги жубан лъугьараб гӏажаибаб релъи рокьул дандерижилъун тӏолалаго магӏарулазе кьолей, недегьлъи, хӏеренлъи жиделъ бессарал шигӏрабигун гӏагараб миллаталъул тӏалабазда, ургъелазда, гьелъул букӏинеселъул пикрабазда машгъуллъун йигей шагӏир.\nТубхӏат лъалалдего, рокьулаан дие гьелъул шигӏраби. Чанго нухалъ тӏатӏала юссун цӏалулаан гьел. Хасго магӏида рецӏцӏулел гьелъул сариназ асир гьаюлаан дун. Кинха божилей йикӏарай рохелалъ гьурмада талихӏалъул накъишал рахъарай шагӏиралъул рекӏелъ цо хасаб бакӏ магӏуялъ кколин абураб жоялда.\nЭбел хварай дол къваридал къояз, цӏидасанги къвалакье ячана Тубхӏатил шигӏрабаз, ва жакъаги гьез дир рекӏел гъварилъуда хутӏараб пашманлъиялъухъ зама-заманалдаса гьоболлъи бала:\n— Эбел гьечӏел ясал, сордо рещтӏиндал,\nДунги гъорлъе яче, чара холелъул.\nХъизан гьечӏел яцал, цохӏо хутӏидал,\nДунги ракӏалдещва, магӏу тӏолелъул…\n* * *\n-Чӏегӏераб кӏазалъул бакӏлъи борцунеб\nРоцен эбел гьечӏел ясазулъ буго.\nБабалин баулел кӏутӏбузул бухӏи\nБухӏун, магӏу тӏолел тӏанчӏазулъ буго…\nЖакъа къоялъги гӏинда багъулеб букӏуна шагӏиралъул гьаракь. Гьелъ щурулеб бугин кколеб буго:\n— Эбел ана, дун хутӏана.\nГьеб букӏун буго гӏумру…\nЭбелалъул зонода къвалги бан, гӏодулей дир хьолбохъ чӏун батула къваридаб шигӏру:\n— Лъаларо, жакъагӏан къварид йикӏинчӏо,\nКӏвезе кколеб буго магӏу бацӏцӏине…\nБакъги, дунги, цохӏо салул авлахъги,-\nЭбелалъул зани, къай дун каранде!\n(Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз)\nТӏолабго дуниял тӏаде бегараб гӏадаб асар лъугьуна ва дагь-дагьккун цо гӏажаибаб бигьалъиги рещтӏуна рекӏелъе. Ва киса-кибего — эбелалъул махӏ. Цӏидасанги тӏадюссуна лъимерлъиялъулъе, гьоболлъи бала гӏолиллъиялъухъ ва чӏвала эбелалъул махӏ. Дунялалдаго бищунго гьуинаб, тӏагӏамаб, лазатаб:\n-Эбел гьечӏеб гьаб рокъоб бугебщинаб бесдаллъи\nДолъул квер кваланщинаб щапун магӏил цӏолеб куц!\nКаранде дунги ячун, угьдулеб дир лъимерлъи…\nДолъул рокьул кинида дунялго кӏикӏараб куц…\n(Дир ургъалил гъансито)\nГазетазда рахъулел дир макъалаби, харбал, кучӏдул цӏаларазда бичӏчӏулеб батила щай жакъаги дир магӏу шагӏиралъул магӏугун цолъарабили. Гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечӏищха, магӏуги кумекалъе лъугьун, хъварал кучӏдул цӏалидал, дихъе рачӏуна сабруги, пашманлъиялъул кьер чӏвараб рохелги, рохалида нур базабулеб шагӏиралъул пикрабиги… Ва цо кинабалиго къуваталъ цӏидасанги цӏала шагӏиралъул магӏица лъалъарал шигӏрабахъе.\nДир гӏумруялъухъги гӏодана шагӏиралъул саринал. Ва дир магӏил гаралгун цолъулеб буго шагӏиралъул магӏу:\n— Бице, магӏарулай, кинаб хӏасратгун\nДур кӏутӏбуз дир асар ахӏулеб бугеб?\nБерцинай кочӏохъан, кинаб асаргун\nДур каранда дир ракӏ кӏетӏолеб бугеб?\nДир кочӏолай гьудул, рекӏкӏалъ лъукъидал,\nДургийищ тӏинкӏараб тӏогьоде магӏу?\nГӏумрудул бакъаналъ къабул гьабичӏеб\nЧӏаголъараб кинха дир рекӏел гӏишкъу?\n(Дир рагӏабазда кечӏ ахӏулеб буго)\nЦинги дир рекӏел чӏвабзазги рачуна билараб талихӏалъухъ угьдулел къваридал бакънал. Талихӏалъул цӏурал гӏумруялъул бакъназ асир гьайичӏей дие бадибчӏвай гьабизеги хӏалбихьана Тубхӏатил шигӏрабаз:\n— Ракӏалъ мун йокьулев цо магӏарулас\nБераз бицунаан дуе гӏишкъудул.\nДосул гӏадатлъиян, мун елъанхъидал,\nЛъукъараб рокьигун ана вас нахъе.\nЖакъа магӏил гарал дур бераздаса\nРацӏцӏуней йиго дун дурго квербацӏцӏалъ…\n(Цо гьудулалде)\nДир къисматалдаги кӏетӏана шагӏиралъул саринал:\n— … Лъалищ, мунгоха телев дун ракӏалдещвеялъе\nДир гӏумруялъул нугӏлъун, дир къоязул къираллъун;\nЛъимер гуреб, рукъ гуреб къисматалъе гӏиллалъун,\nЛъилго лъади йикӏинчӏей дир гӏишкъул ишаралъун.\n(Щиб дуе телеб?)\nЯги:\n— Гьеб кинаб даранин, елъулаан дун,\nДиеги гӏаздада тӏегь баккидалги.\nБертабалъ ясалгун кӏусулаан дун,\nКӏодол рагӏабазде гӏинбачӏониги.\nБичӏчӏана гьеб дида, амма доб релъи\nДолго гӏанабазда гӏодула сардилъ.\nСородулел руго гӏазда дир тӏугьдул-\nДоб кӏудияб даран хутӏана макьилъ.\n(Кӏудияб даран)\nВац хварал дол захӏматал къоязги, къвалги бан, дунгун рукӏана Тубхӏатил шигӏраби. Гьез дие щурулеб букӏана вацал хварал яцазул къисматалъул къваридаб къиса:\n— Гӏажаибал руго мугӏрул руччаби,\n(Чан нухалъ гьарулел гьедин пикраби),\nЖал холеб мехалъги, вац ваккичӏони,\nВугониги гӏелин гӏодула берал.\nГӏодоса рахъине рухӏ гьечӏониги,\nГьел тӏаде рачӏиндал, рортула кванде.\nКвераз мугь ххенонги батула тӏагӏам,\nМагӏу бакӏарунги, балагьула лъим.\nДицаги цо къоялъ тела дуниял,\nНужго нужан араб лъугӏила гӏумру.\nАмма дир хъатинир ратила мугьал,\nМагӏарул гӏертӏиниб батила магӏу…\n(Яцалъул сарин)\nЦӏидасанги бегулеб буго шагӏиралъул тӏехь. Цоялда хадуб цояб гьабун, магӏилъан кенчӏолел ругел шигӏрабаз пашманаб кьер чӏвазабун буго сариназул гӏидраялда. Гьез ракӏалдещвезарулел руго Дагъистаналда чӏегӏераб тӏанкӏ лъурал цо-цо хӏужабиги. Масала, Сагӏид-апанди чӏварал вахӏшиял дол къояз къварилъиялда букӏана мугӏрузул улка. Устар хириязул магӏица лъалъалеб букӏана сверухълъи. Гьеб ками унтана шагӏиралдаги. Чӏвалел ругел диниял церехъабазул читӏир халалъидал, шигӏрабаз бицана шагӏиралъ жиндирго рекӏел къварилъиялъул хӏакъалъулъ:\n— Къурамухӏамадгун Макъсуд-хӏажиги,\nМухӏамадвакилгун Яхӏя-хӏажиги…-\nДида лъалелщинал шагьидзабазда\nРечӏчӏарал гулбуца лъукъана дунги.\nДуде унелщинал тӏухьидул гулбуз\nТӏутӏун рана чурхдул дур муридазул.\nЖидерго динги тун, духъе рачӏараз\nДагьабги гьарзаго тӏуна духъ магӏу…\n(Мун рехсезе кӏолеб къаламни гьечӏо. Сагӏид-апандиясде)\nГӏемер щола дун Лъималазул рокъоеги, бокьула рехун тарал лъималазул хӏакъалъулъ хъвазеги. Гьезул къисматалъул маргьаялъ къварид гьаюрай дун тӏадюссуна Тубхӏатил шигӏрабахъе. Сихӏкъотӏун гӏенеккула божизе захӏматаб хӏакъикъаталъухъ. Шагӏиралъул шигӏрабазул чӏвабзаз рачунел талихӏкъосарал бакъназ сири базабула тӏолабго черхалда:\n— Цо гьезул берцинлъи!- Бухӏулеб магӏу!\nЦо гьезул пуланлъи!- Огь-гьай, дуниял!\nЧӏахӏияз кьун гуреб лъимцин щоларел,\nКьеян абизецин жеги гӏун гьечӏел!\n…Цинги сонал индал, кьерилазда гъорлъ\nУмумул ругезда гьезул бахиллъи:\n« Гьардарал, бабаги дадаги ругел,\nДун… Дир гьечӏо…»- гирун бортулеб магӏу.\nГьеб магӏил бухӏиялъ бухӏулареб ракь!\nГьеб магӏие даим баккулареб бакъ!\nГьеб магӏида гурхӏун гӏодулел зобал:\nАман, гьеб магӏие цо рагӏи- «Бабал!»\n(Кьоге, Аллагь, лъимал иман гьечӏезе)\nДунял хӏайранлъарав Хӏамзатил Расул хведалги, Тубхӏатил сариназул гӏидраялда саву рещтӏана, гьей ракӏ-ракӏалъ гӏодана кӏудияв шагӏирасда хадуй.\n«Рохалил министерствойилан» гьес цӏар кьурай магӏарулалъул ракӏ дол къояз гъаримго судулеб букӏана:\n— Унеб буго босун Расулил мали,\nМахӏачхъалаялъул аслияб къватӏ чӏван\nАслу унеб буго магӏарулазул-\nГӏоде дунгун цадахъ гьеб бичӏчӏанщинал!\n«Ясалъе, яцалъе Тубхӏатие»,- йин\nДур цо автографалъ ракӏ хӏайранлъарай\nЖакъа, инсухъ гӏадин, магӏу тӏолей дун,\nДур сурат бихьидал, пикрабаз цӏуна…\n(Расулил сурат)\nГьаб кочӏоцаги, тохлъукьего дир пикрабахъеги бачӏун, тӏуркӏизаюна. Ракӏалдещвеяз цӏалтун биччараб рекӏелъан магӏил ицц бецӏцӏулеб гӏадаб асар гьабуна:\n— Рицӏцӏигъветӏ бихьула рохьил рагӏалда,\nРакӏгурхӏула гьелъул магӏил гаразда.\nГӏодобеги къулун, гӏодулеб гъветӏалъ\nГъаримлъи бахчулеб халлъараб лъида?\nРицӏцӏигъветӏ бихьула рохьил рагӏалда,\nДида жиб лъагеяб пашманаб дарслъун,-\nЛъимадулаб рокьухъ даим урхъарай\nЭбеллъун яхъинчӏей чӏужугӏаданлъун….\n(Рицӏцӏигъветӏ).\nДида дирго къисмат релълъун бихьана чиякъаб, ялгъузаб ва гъаримаб рицӏцӏигъотӏолалда. Ва дир магӏил гарал цолъана шагӏиралъул магӏугун…\nЦо лахӏзаталъ берал къанщидал, цебе бачӏунеб буго, чанахъанасул гуллаги щун, тӏанчӏазулгун, тӏадегӏанлъи — борхалъиялъулгун, зобалазулгун, мугӏрул-щобазулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб пахруяб мугӏрул цӏум:\n— … Амма цӏум гьезда цебе, цебе гӏадин рещтӏинчӏо,\nИнсанасул гуллица ракӏги борлъун, рещтӏана.\nАмма чанахъанасда чучи бихьизе течӏеб,\nГьелъ ахираб хӏухьелцин тӏанчӏазе дарслъун тана.\n«Воре, хириял тӏанчӏи, берал — цӏумазул чӏухӏи\nРакӏ гуреб гӏодуларел цӏумал — мугӏрузул чӏухӏи…»\nЧӏухӏараб цӏудул рекӏел магӏулъун тӏинкӏана би.\nЦудунго букӏаниги, кӏудиял гӏуна тӏанчӏи.\n(Цӏудул хвел)\nМагӏу. Магӏу. Магӏу… Бакӏабги тӏадагьабги, бохарабги пашманабги, роцӏарабги бацӏцӏадабги, къваридабги гӏатӏидабги…\n— Гӏазизаб дир жергъен, пашманалщинал\nМугӏрул руччабазул кьерда йиго дун.\nУргъелаз чӏунтидал, рокьуца тедал,\nТаманаб гӏодана дунгун цадахъ мун…\n(Жергъен)\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1067-proza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1067-proza", "title": "Проза", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Тетрадалъул тӏанчал\nКквезе рукъ кьезехъин йигей чӏужугӏадан йихьарайго рекӏее гӏечӏо дие. Гьей йикӏана йиццатай, михъалги рижарай, бихьинчиясул гьаракьги бугей, хъитӏизе гьарун махӏабигун, бокьараб бакӏалда гӏодойги чӏолей, дида цӏализе лъачӏеб хъвай-хъвагӏайги гъажалда бугей, жиндаго сверухъе чагъиралъул махӏ тӏибитӏизабизе йижарай, цӏакъ сурукъай гӏадан.\nДихъе гьелъ кьураб рукъ букӏана, мокърукь тункулеб гьечӏониги, жаниве лъугьаравго бетӏер гӏодобе къулизабизе тӏамулеб. Къадал рукӏана чӏегӏерал, цо бугеб горду букӏана гьитӏинаб. Гьеб рукъалда цебехун хурхинабун букӏана, жаниб газалъул печги лъураб, хъаравуласул рукъалда релълъараб жо. Бищунго дие рекӏее гӏечӏеб жо ккана – гьитӏинаб гьеб рокъобе жанибе кӏиго нуцӏа букӏин. Цо нуцӏа букӏана, гьадаб цо хъаравуласе гьабураб гӏадаб жоялъусан лъураб, щибаб къоялъ жаниве къватӏиве дун хьвадизе кколеб нуцӏа, цогидаб, бокьичӏеб букӏана, дун вукӏине кколеб рокъосан хважаиналъул рокъобе лъураб.\n— Мун гӏемерав гьаб нуцӏихъ валагьуге, — ян абуна гьелъ, дие бокьичӏеб нуцӏиде килищги битӏун. – Гьанисан къаси-къаси духъе хьвадизе цӏуял жал гьечӏо… Гьале гьаб рукъ.. Гьадаб цебехун газги буго, кӏалтӏа лъимги бихьун батилаха.. Гьале столги, тахги, бакӏги буго гьадаба къватӏибехун, нуцӏида нахъехун рехун, рекъечӏони босун вачӏа… Ясалги рачунге, рокъосан квешаб махӏ бахъуна. Кӏущизе бокьани, гьадаб цолода нахъа хӏажатханаги буго… Рукъалъухъ кӏикъоялда анцӏго гъурущ.\nГьей гаргадулеб мехалъ кколаан гьелъ дун вухулев вугилан.\nДир гьеб рукъалда разилъичӏого рес букӏинчӏо, батӏияб рукъ щолеб букӏинчӏо. Гьеб рокъоб гӏемераб мехалъ вукӏине ракӏалдаги букӏинчӏо, рукъ балагьичӏого тӏубалареблъи лъалаан дида. Гьеб хважаиналдаги лъалеб букӏун батилин ккола. Гьелъие сундулниги ургъел букӏинчӏо, дихъа щвезе бугеб гӏарцул гуронани. Гьеб кьураб кӏикъоялда анцӏабго гъурушги босун тӏагӏарай, тӏокӏалъ йихьичӏо. Гьелъ дир цӏарцин цӏехечӏо.\nГьеб къоялъ дица гьенибе баччана дирго бусен-къайиги, тӏахьалги. Дагьа-макъаб рукъги бакӏарун, гордазда газеталги седон кьижизехъин вукӏарав дида ракӏалде ккана, хважаиналъ кровать лъикӏаб бакӏалда лъун гьечӏилан ва вахъун тӏадегун, гьеб бехъерхъана горда гъоркье.\nДир гӏумруялда жаниб ккараб гьаб лъугьа-бахъиналда дунго божуларо. Гӏадамасда бихьулеб гӏадаб яги гӏадамасул лъугьунеб гӏадаб лъугьа-бахъинги гуро гьеб.\nГьеб рокъов кьижарав тӏоцебесеб сордо бащалъулеб мехалъ, дун ворчӏизе гьавуна, амма сунцаяли лъаларо. Дие рекӏее гӏун букӏинчӏеб, хважаиналъул рокъобе лъураб нуцӏида нахъа чӏун вукӏана тӏад хъахӏаб жоги хурав чи. Дун тахида тӏад гьункъун, щиб ккананиги тӏаде вахъине къачӏан чӏана. Амма нуцӏида нахъа чӏарав чи вагъарулев вукӏинчӏо. Гьев чи лъикӏ вихьизе гордухъан бачӏунеб загӏипаб, къотӏнор лъурал чирахъазул букӏанилан ккола, канлъи гӏолеб букӏинчӏо. Гьеб канлъи гуребги, дун тӏаде гьункьулеб мехалъ, тахида бахъараб къир-къириги жегиги лъугӏун букӏинчӏилан кколеб букӏана дида. Нуцӏида нахъа чӏарав чияс цебехун гали тӏамуна.\n— Гъазимухӏамад…\nГьедин абулеб, нуцӏида нахъа чӏарав чиясул гьаракь букӏана чӏужугӏаданалъул берцинаб гьаракь. Дир цӏар лъазе гьанир ругел чагӏазул рес букӏинчӏо, дица гьеб лъиданиги бицун букӏинчӏо. Дун хӏинкъана.\nГьев чи, гьей чӏужугӏадан, цере квералги ритӏун, ана цебе тах лъун букӏараб бакӏалде. Къеда тункизе тахил манзил хутӏараб мехалъ, гьей лъалхъана ва накабаз кровать балагьизе лъугьана. Дица гӏажаиблъи гьабуна гьелда жиндаго цебе щибго жо бихьулеб гьечӏолъиялда, щайгурелъул дун вугеб бакӏалдасацин бихьулеб букӏана гьелда цебе щибго гьечӏолъи ва гьелъул гьумер бихьулеб букӏинчӏо. Рихьулел рукӏана кидаго гӏебеде ритӏарал кверал. Гьелда тӏад букӏараб хъахӏаб жоги бусалъ ретӏунеб руччабазул горде букӏин бичӏчӏана.\nТах балагьулаго (тӏокӏаб гьеб къадал ракьанда щибго жо букӏинчӏо), гьелъул кверал къеда хъвана, ва гьей дагьайги къеда аскӏоегӏан къана. Жиндирго черх къадада хъварабго, гьелъул гьаракь кӏанцӏана ва кьурун юссун, къеда мугъги чӏван чӏана.\nДун гьанжесалаги вуцӏцӏун чӏана. Дие гьелда кинаб букӏаниги гьаракь рагӏизецин бокьун букӏинчӏо, гьелъ дун вагъаризеги толев вукӏинчӏо.\nКисаниги жаваб бачӏун гьечӏеблъи бихьигун, тӏурун ана жийго ячӏараб нуцӏида аскӏое. Амма гьей битӏун нуцӏида тӏаде ккечӏо, дагьайго кваранидехун ккана. Гьелъ, квер квалун, нуцӏа балагьана, ва гьаракь бахъинаредухъ, бигьагьабун гьебги рагьун гьение тӏерхьун ана. Дагьаб мехалъ гӏенеккунги чӏун, дица тахил бетӏералде рехун букӏараб полотенцаялъ черхалдаса гӏетӏ бацӏцӏана.\nДун щибго жоги бичӏчӏуларого, кьижизеги кӏоларого гӏабдал гӏадин хутӏана. Сундул пикрабазда дунго вугевалицин бичӏчӏулеб букӏинчӏо дида. Зама-заманалдасан кколеб букӏана гьабсагӏат дойго чӏужугӏадан жание ячӏинилан. Дица гьей тана дир хважаиналъул яс ятилилан. Жийго гьей гурейлъи дида йихьарабго бичӏчӏана, гьаракь рагӏараб мехалъ, гьеб дагьабги якъинлъана.\nМакьихарав дица гьеб лъугьа-бахъин цебего ккараб жо бугеб гӏадин тана ва ахиралда, гӏемерав тахида кьуркьудун, дун кьижун ккана. Ворчӏана нахъисеб къоялъ радакь, гьеб иш дида нолъ макьилъ бихьараб жо букӏиналда ракӏги чӏун. Гьеб къоялъ радал лъицаниги гьадинаб жо кканин дур нолъилан абун букӏарабани, дида гьедизе кӏвелаан, гьерсал ругилан. Гӏумруялъ ракӏалдещвечӏогоги хутӏизе бегьилаан, хӏалтӏуде унеб мехалъ, гьадинаб иш ккечӏебани.\nРокъоса къватӏиве лъугьунаго, кӏалтӏа гӏодой чӏун ятарай хважаиналъ дида гьикъана:\n— Дуда цӏар Гъазимухӏамад гуребищ? – илан.\n— У.\n— Гьа-а-а…\nДида гьанжеги бичӏчӏуларо гьелда дир цӏар кисан лъазе кколеб букӏарабали. Цӏидасан нолъ ккараб жо ракӏалдещвана ва тӏубараб къоялъ кӏочон тезе кӏолеб букӏинчӏо. Гьеб къоялъ дир хӏалтӏудаса лъугӏун, рокъове щвезеги гъира букӏана. Нолъ ккараб жо макьу гуреблъи, хӏакъикъаталдаги ккараб жо букӏин дие тӏадеялдаса-тӏаде якъинлъулеб букӏана. Дидаго ццинцин бахъине лъугьана нолъ хӏинкъиялдаса. Къасиги дойго яс ячӏани ракӏалда букӏана гьей кӏалъазе гьайизе. Гьей къасиги ячӏиналда, щаяли лъаларо, дир ракӏцин чӏолеб букӏана.\nГьей ячӏинеги ячӏана. Дун ургъунго кьижун вукӏинчӏо. Тӏаса ретӏелги бахъун, бусалъеги лъугьун, мокърукьеги валагьун вегун вукӏана. Кигӏан данде къеркьаниги макьуялъги толев вукӏинчӏо. Цин кьижун кколаан, цингиги тӏуркӏун ворчӏулаан. Кьижун ккаравщинахъе макьилъ тӏугьдулги рихьулаан ганчӏазукьан раккун. Ахиралда, ворчӏараб мехалъ, гьадабго нуцӏида нахъа чӏун ятана гьадайго чӏужугӏадан, гьададинго тӏад хъахӏаб жоги ретӏун.\nГьей нолъ гӏадин гӏебеде квералги ритӏун, ана цебе тах букӏараб бакӏалде, къеда тункизегӏан.\n— Гъазимухӏамад, — илан абуна гьелъ ва къеда мугъги чӏван, данде жаваб кьезегӏан.\nДун кӏалъачӏо. Дида щай кӏалъачӏевалиги лъаларо. Дица абухъего, дир къадго гьабураб нигат букӏана гьей гаргадизе гьайизе, хӏадурун рукӏана гьелъие кьезе суалал, амма кӏалъазе кӏолеб букӏинчӏо. Дида гьей чӏужугӏаданилан кколей йикӏинчӏо. Батӏияв чиясдаги ккелароан гьадаб рокъой жаний гьединан ячӏуней чӏужугӏадан йигилан. Гордухъан бачӏунеб хъахӏилаб ва загӏипаб канлъиялъ гьелда тӏад хураб хъахӏаб жо гурони бихьизе толеб букӏинчӏо. Рокъоб жаниб сундулниги гьаракьги букӏинчӏо. Рекӏее гӏолеб букӏинчӏо гьелъул гӏажаибаб рилълъинги. Гӏебеде квералги ритӏун, цӏодорго, гӏедегӏичӏого, хъуштӏун ячӏуней йикӏана гьей. Гьаракь сурукъаб букӏинчӏониги цо батӏияб, гӏажаибаб букӏана. Гьей кӏалъарайщинахъе кколаан дидаго нахъа чӏун вугев чияс абулеб бугилан. Бецӏлъиялъул гуреб, гьеб гьаркьил цӏун бугин рукъилан кколеб букӏана.\nЧӏужугӏаданалъ дидехун кӏиго гали тӏамуна. Дун, тахил бетӏерги ккун, гьункьун, вагъаричӏого чӏана.\n— Гъазимухӏамад, дида дур махӏ чӏвалеб буго, — янги абун, гьей рукъ бакьулъ чӏана. Гьелъул, бетӏерги, керенги, гордухъан бачӏунеб канлъухъаги борчӏун, рагӏдукье ккана. Гьанже канлъи речӏчӏулеб букӏана гӏодобе биччараб цояб квералъул тӏеренал, хварав чиясул гӏадал килщаздаги, халатаб гордикьан раккарал гӏицӏал хӏатӏаздеги. Щаяли лъаларо, дида гьел хӏатӏал риччун ругилан кколел рукӏана.\n– Дида дур махӏ чӏвалеб буго, амма дуца дие жаваб кьолеб гьечӏо… Щай? Мун гьединав вукӏине рес гьечӏо. Кив мун вугев? Махӏ аскӏоб буго, жаваб щай кьолареб? Гьале, гьале хӏохьел цӏалеб гьаракь… Дида ккараб гӏайиб щиб? Дие мун вокьула… Дица дуе киданиги квешаб жо гьабиларо… Нолъ дие дур хӏатӏида къочӏизе бокьун букӏана. Жаваб кье, гьарула дуда… Дие дур махӏ бокьун буго… (Гьей дагьайги дида аскӏоегӏан ячӏана). Мун кив вугев? Кӏалъай Гъазимухӏамад, гьарула дуда, хирияв… Дун гӏадан йиго, киналго гӏадай гӏадан… Мун аскӏов вукӏин лъала дида, Гъазимухӏамад…\nГьелъул цо рагӏиялда тӏад цун бачӏунеб букӏана цогидаб рагӏи. Кколеб букӏана, гьелъ хӏохьелгицин цӏалеб гьечӏилан. Гьей дагьайги аскӏоегӏан къана.\n— Гьале гьанже дида дур хинлъигицин чӏвалеб буго. Чӏаго, чӏаго вуго. Кив вугев? Бихье, кье гьанжеги дур хӏетӏе… Бокьараб гьабила, кӏалъай. Бусада гӏодой чӏезе те, дица квалквал гьабиларо. Дур хӏатӏазда кверги лъун, ягъаричӏого гӏодой чӏун йикӏина. Бокьани, тӏаса ретӏелги бахъулаго ячӏина.\nГьей аскӏоегӏан къарайго, гьелъул гьумер ккана канлъуде гъоркье. Гьелда бер чӏварабго, дир черхалда гъар-гъар бана, тахилцин къир-къири бахъанин ккола. Дида киданиги бихьичӏо гьелдаса берцинабги сурукъабги гьумер. Загӏипаб канлъукь гуребги къад канлъукьги хӏинкъилаан гьелъул берал рихьарав чи. Гьел рукӏана гӏажаибго чӏахӏиял, чӏваркьарал ва къапуларел. Гӏажаибго сурукъ рихьулел рукӏана гьел берцинаб гьурмада. Гьумер берцинаб букӏана. Дида гьабсагӏат кӏолеб буго кинаб гьумер букӏарабали бицине, амма доб мехалъ, доб мехалъ дица гьабуна дица лъиданиги бицинчӏеб жо.\nГьей тӏаде къулулаго, хӏинкъарав дица гьелда чохьолъ мал бана. Амма чохьолъ щвечӏо. Гьелъ гӏодоеги къулун, щаяли бичӏчӏичӏо, дир хӏетӏе кквезе гӏамал гьабулеб букӏун, гьелъул каранзулъ щвана. Гьабсагӏатги кколеб буго гъоркьа хӏатӏида тамахаб жо тункун чӏун бугилан.\nГьей гӏодой ккана. Тӏокӏай тӏадеги яхъинчӏо. Накабаздаги хъурщун, битӏун дун вегараб, тахиде тӏаде ячӏуней йикӏана. Дун цойги нухалъ мал базе хӏадурун чӏун вукӏана. Хъурщун ячӏунаго гьелъ цо рикӏкӏунеб жоги букӏана. Щиб гьеб букӏарабали аскӏоегӏан щвараб мехалъ бичӏчӏана.\n— Баркала, баркала, барк… Хӏатӏида къочизегӏан щайха мун чӏечӏев? Баркала, баркала, дие къочизе бокьун букӏана, мун гӏедегӏизе бегьулароан…\nГьей, дида цеесан додинго накабаздаги хъурщун, ун жийго жание ячӏараб нуцӏида нахъа чӏана. Циндаго тириго тӏадеги яхъун, кьурун юссун ялагьараб мехалъ, дида гьей хважаиналда релълъун йихьана.\n— Баркала, хирияв, — иланги абун, гьей къватӏие ана. Гьелда хадуб нуцӏа къалеб гьаракьги бахъинчӏо.\nДица тӏадеги вахъун, чирахъ рекӏине гьабуна ва тӏокӏаб свине гьабичӏого тезе къотӏи ккана. Кьижизе ракӏалдецин ккечӏо, гьеб рокъов вукӏине бокьун букӏинчӏо. Дица бусен бакӏарана, гьединго ракӏарун тӏахьалги, гьезул гохӏги гьабун, гьезда тӏад гӏодов чӏун сундулали лъаларел пикрабазда вукӏана рогьинегӏан.\nРогьарабго, дун батӏияб рукъ балагьизе къватӏиве вахъана. Дида хӏалтӏизе ине кколиланцин кколеб букӏинчӏо. Дун гьеб къоялъ вигьунарого, риччалъ гӏадин вукӏана, Амма, кигӏан шагьаралда женжеданиги, дида рукъ батулеб букӏинчӏо, гьеб къоялъ батизеги батичӏо. Дун вилълъана дидаго цадахъ цӏалулел рукӏарал лъималазда аскӏове общежитиялде ва гьарана гьезда кквезе рукъ щвезегӏан, цо-кӏиго къоялъ гьаниб бакӏ гьабеян.\nДун, бакъанигӏужалъ дирго ретӏел-кунги, тӏахьалги нахъе росизе дицаго ккун букӏараб рокъове тӏадвуссана. Хважаин егун ятана. Гьелъул рокъобе нуцӏа рагьун батаниги, вачӏун вукӏин рагӏизе, дун кӏетӏана. Гьелъ жаваб кьечӏо, ягъаризецин ягъаричӏо. Цин дица пикру гьабуна, гьелда щибго жоги абичӏого, босун къайи-къоногун нахъе ине, хадубги ракӏалде ккана рекъон гьечӏилан. Лъаларо, дида ракӏалда букӏун батизе бегьула гьелъ гӏарац нахъе кьелилан. Доб мехалъ гӏарцул иш лъикӏ букӏинчӏо. Амма кигӏан дие бокьун букӏаниги, кигӏан цӏакъ нуцӏида кӏетӏаниги, гьей йорчӏулей йикӏинчӏо. Гьелъул рокъоб жаниб тӏадеялдаса тӏаде бецӏлъулебги букӏана. Дица гьениб чирахъ рекӏинабуна. Йорчӏичӏо. Гьалъул жо кколарилан къватӏивехун унаго, гьей егун йикӏараб тахил къиркъири бахъана. Дун кьурун нахъвуссана. Гьелъул гьумер батана дидехун буссун ва кваранаб хетӏе батана, бащадаб бусалъа къватӏибеги баккизабун, гӏебеде битӏахъего ккун.\n— Дуе щиб, Гъазимухӏамад? – илан гьикъана гьелъ. Гьаракь букӏана загӏипаб, хӏалуцун цӏалеб букӏана хӏохьелги.\n— Дун… Дие батӏияб рукъ щун буго… Дун инехъин вуго…\nХважаиналъ кваранаб хӏетӏе дагьабги бусалъа къватӏибе бегьана.\n— Щай? Унге… Дир хьул букӏана дида цадахъ чи вугин… нагагьлъун дун хванани, юкъизегӏаги…\nДида гӏемер рагӏун букӏана херал чагӏаз гьедин абулеб, амма хважаиналъул кӏалдисан рагӏизе гьеб гӏажаибго букӏана. Гьелъул «щаялъе» кьезе дир жавабги букӏинчӏо.\n— Гьедин рехун тезе бегьилищ дуца дун… Нолъалдаса нахъе дир керенги буго унтулеб… Гьарула дуда, Гъазимухӏамад, унге… — янги абун, гьелъ бусалъа къватӏибе баккараб хӏетӏе багъарахъдизе гьабуна.\n— Дур яс кие арай? – йилан гьикъана дица, гьелъ кереналъул цӏар бахъарабго, нолъ ккараб жоги ракӏалде щун.\n— Кинай яс? – илан гьелъ гӏажаиблъи гьабуна ва гьункьун яхъун ячӏана.\nХӏакъикъаталдаги кинай яс? Гьелъие щиб жаваб кьелеб? Жакъа кьечӏогоги кинан телеб? Гьелъие гуреблъидал жаваб къваригӏун бугеб, диеголъидал… Дой щий? Киса гьей ячӏун йикӏарай ва хважаиналда щай лъаларей?\n— Нолъ цо яс ячӏун йикӏана дида аскӏое…\nХважаин, цо хъубаб рагӏиги абун, елъанхъана ва, елъун яхъарайго, тахида гӏодойги чӏун, дир бадие ялагьана.\n— Гӏабдал, дур бетӏер сверун буго…\nДир тӏомолъан, кинабгӏаги чорхолъ бугеб би, хӏатӏаздаса бахъараб, гьурмалъе буссана. Гьеб къоялъ гӏадинан киданиги ццин бахъун букӏун батиларо.\n— Дица бихьизабила дуда киназул бетӏер сверун бугебали!- янги ахӏун, дун гьеб рокъоса къватӏиве кӏанцӏана.\nДида ракӏалде ккана къасиги гьаниб сордо базе ва, ячӏарайго, дой яс къан ккун хважаиналъухъе щвезайизе. Гьанже бичӏчӏулеб буго гьеб пикруялъул гӏадаллъи, амма доб мехалъ гьедин гьабизе ккеялда дир кинаб бугониги щаклъи букӏинчӏо. Гьеб гьабизе ракӏалде ккун букӏана хважаиналда бахъараб цциналъ. Дида гьей дагьайги цӏакъ рихана.\nСордо бащалъизегӏан яхӏ гьабизе кӏоларого вукӏана дун. Нолъ кьижун вукӏинчӏониги, тӏубараб къоялъ шагьар сверулев вукӏаниги, макьуги щолеб букӏинчӏо. Цӏакъ бокьун букӏана дой яс ячӏине. Дида кколеб букӏана, гьей ячӏинчӏони, хадувцин инилан. Дилъ кинаб бугониги хӏинкъиги букӏинчӏо.\nГьей ячӏана. Додинго гӏебеде квералги ритӏун, добго ратӏлилъ, додинабго хъущтӏулеб рилълъиналда. Амма къаси гьей къеде аскӏое инчӏо.\n— Гъазимухӏамад, гьале дун… Дида лъала мун дун ячӏинегӏан чӏун вугеблъи… Дида лъала. Гьанжеги дида дур хинлъиги чӏвалеб буго…\nГьей, гӏебеде квералги ритӏун, тахида вагъаричӏого гӏодов чӏун вугев дида тӏаде щолей йикӏана. Дун битӏахъе цӏорона. Дир ботӏрол расуда гьелъул кверал хъваралго, гьей чӏана, туркӏун кверал нахъе росана ва накабазде йортун ана. Гьелъул гьумер ккана канлъукье. Гьурмал берцинлъи букӏана додинабго, гӏадан хӏинкъизабулеб гӏадаб. Гьей дир накабазда хурхана.\n— Гъазимухӏамад, дуца тӏаса ретӏел щай бахъулареб? Дуда хьитал щай ругел? Дида мал базе бокьун бугеб батани, цин тӏаса хьитги бахъун, къочизе те. Дие мун вокьулевлъидал… хадуб малги бай… Каранлъ багеха… дида жегиги унтулеб буго… Гурищ?\nДида лъазецин лъачӏо гьелъ дир кваранаб хӏатӏидаса хьит бахъараблъи. Дун риччалъе ккун вукӏана. Риччалъ дицаго бараб заман лъаларо – вигьана, гьелъул кӏутӏби гӏицӏаб хӏатӏида хъварабго. Вигьананиги, дандечӏей гьабизе кӏолеб букӏинчӏо. Дихъ черхалда кверщел букӏинчӏо. Черхалъул цониги лага дир букӏинчӏо. Дида кколеб букӏана дун цо цӏорораб бакӏалдасаги восун, хинаб лъелъе виччалев вугилан. Лъалеб букӏана, дирго би хинлъулеб букӏин. Заманалдасан лъана гьелъул кӏутӏби квегӏаб хӏатӏидаги хъвараллъи. Дун вегана. Сверухълъи букӏинчӏо. Гьеб тӏагӏана. Букӏана цо тӏугьдузул махӏги батӏи-батӏиял кьералги. Кьерал рукӏана мохъаххун рачӏун рукъ свери гьабулел. Хӏанчӏазул гьаркьалги рукӏана. Дида гьелдаса нахъе, гьабсагӏатги, лъикӏ мехалъ гӏенеккун чӏани, рагӏула гьел хӏанчӏазул гьаркьал. Бакъан букӏинчӏо.\nВигьана, хинаб лъелъа къватӏиве вахъана дун рогьалилъ. Рокъоб жаниб рогьалил канлъиги, рогьалил квачги гурони щибниги букӏинчӏо. Хадуб бихьана столги, дирго тахги, гьелда тӏад вегун дунги. Дир черхалда букӏана, батӏияб, гӏечулалда релълъараб махӏ. Гьеб махӏ черхалдаса киданиги нахъе инчӏо. Дун цӏидасан кьижун ккана. Ворчӏана къалъудаса араб заманалда. Тӏокӏав кьижичӏо.\nДун кьижизе толев вукӏинчӏо дой яс ячӏине бугеб гъираялъ. Гъираялдаго цадахъ дилъ букӏана гӏемер кватӏичӏого хвезе кколилан бичӏчӏизабулеб асарги. Амма дие гьелъул ургъел букӏинчӏо. Пикраби рукӏана дой ясалда. Дирго каранда унтулеб букӏана дица доб сордоялъ долда бараб мал. Кколеб букӏана долъ дида банин гьебилан.\nЛъаларо, кин дица хӏехьараб гьеб хутӏараб бащадаб къояли. Кваназецин рокъоса къватӏиве вахъинчӏо. Хӏажатханалде ине гурони, бусадаса тӏадецин вахъинчӏо. Гьей яс ячӏинегӏан вегахъего чӏун вукӏана. Амма гьей кватӏулей йикӏана. Дир яхӏ хвана. Дун вукӏана гьеб нуцӏихъан яс гурин, дирго хутӏараб гӏумру бачӏине кколилан.\nЯхӏго гьабизе кӏвечӏого, дун турусикалда гъорлъго хважаиналъул рокъове ваккизе ана. Дида кӏвечӏо дой яс ячӏунеб нуцӏихъан ине. Бокьичӏо. Дида ракӏалде ккана къватӏисахун, гордухъан валагьизе. Бецӏлъиялъ квалквал гьабичӏони гьенисан, гордухъан валагьун лъазе ккола дида кисан ячӏуней яс дояли.\nДун гордухъан къватӏиве лъугьана. Талихӏалъ горда нахъа къватӏ букӏинчӏо, мадугьаласул азбар букӏана. Гьениб бекьараб жоги букӏанин ккола. Гьеб мадугьаласул азбар гуреб, бищунго гӏемер гӏадамал хьвадулеб къватӏ букӏарабаниги, хважаиналъул гордухъан валагьизе инчӏого дун чӏолароан.\nХважаиналъул тахги букӏана битӏун горда гъоркь. Гордухъан валагьарав дицаго тӏаде рагӏад ккезабулеб букӏаниги, тахида егун йигей хважаин дида йихьана. Амма, гьелда вихьичӏого вукӏине, гьей тӏаде яхъине лъугьарайго, дун нахъегӏан кӏанцӏана. Кӏиабизе, заманалдасан валагьараб мехалъ, бусада гьей ятичӏо. Горда нодоги цун лъикӏ валагьун вукӏарав дун, хважаин тахида аскӏое къалей йихьун, нахъе кӏанцӏизе ккана. Гӏодовеги къулун, гордал добцояб рахъалдехунги ун, дун цӏидасан гьениве жаниве валагьана. Гьанжесала хважаин дида жиндирго бусен битӏизабулей йихьана. Амма гьелъ гьеб тӏаса-масаго гьабун тана. Заманалдасан тахида аскӏоса гьей тӏагӏана. Мадугьаласул къадада тӏасан бачӏунеб къотӏноб лъураб чирахъалъул канлъи бадиб бачӏого букӏине, гьурмада кверги цузабун, халгьабураб мехалъ, бихьана, тӏад хъахӏаб, бусалъ ретӏунеб гордеги ретӏун, йицатай, гӏебай хважаин дир рокъобехун лъураб нуцӏиде аскӏое уней. Жибго нуцӏа бихьулеб букӏинчӏо, амма хважаин нуцӏида аскӏое уней йикӏиналда дир кинаб бугониги щаклъи букӏинчӏо. Жиндирго рокъоса хважаин тӏагӏарайго дун, дирго горда гъоркье векерана. Дир рокъое добго нуцӏихъан ячӏуней йикӏана гӏолохъанай яс.\n— Гъазимухӏамад, хирияв… Мун кин вугев? Дида махӏ чӏвалеб гьечӏо… хинлъи гьечӏо… — ян рагӏулеб букӏана, къватӏиве кӏанцӏулаго, рагьухъего хутӏараб гордухъан жание ячӏарай ясалъул гьаракь.\nГьелъ дир чӏобогояб бусада кверал рахъулеб мехалъ, дие бокьун букӏана жаниве, гьелда аскӏове кӏанцӏизе. Дица гьедин гьабизеги гьабилаан, яс тӏурун инчӏейани. Гьей тӏурун ана добго нуцӏида аскӏое. Дун векерана хважаиналъул горда аскӏое ва гордухъа жаниве нуцӏа бугеб рахъалдехун валагьана. Гьенисан, бецӏлъулъан яккун ячӏана йиццатай, гӏебай хважаин. Гьелъ рукъ свери гьабуна. Цин тахида гӏодой чӏана, хадуй тӏаде яхъана. Гьелъие цо жоялъ рахӏат толеб букӏинчӏо. Гьей цӏидасан добго нуцӏида аскӏое ана ва дир рокъоехун тӏерхьана. Дун гьанжеги дирго горда аскӏове векерана. Гьенисан дида йихьана добго нуцӏихъан жание ячӏуней дойго берцинай яс. Рагӏана гьелъул дун ахӏулеб гьаракьги. Гьанжесала дида яхӏ гьабизе кӏвечӏо, ва дун, гордухъа жанивеги кӏанцӏун, гьей гӏадан хӏинкъиларедухъ, гьелда хурхун чӏана. Гьелъ дун цин нахъегӏан тункана, хадуб, накабаздаги чӏун, дир хӏатӏазда къочизе лъугьана.\nДида бихьулеб букӏана дунго холев вукӏин. Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса дун кваналевго гьечӏо. Дир хадусеб гӏумру байбихьулеб букӏана сордо бащалъараб мехалъ. Дунялалда щибниги букӏинчӏо гьей яс гурони. Дун хӏалакълъана, тӏом бакъвалеб букӏана. Амма, гьей яс ячӏинегӏан чӏун, кидаго яхӏ гьабизе кӏоларого вукӏана.\nГьей сордойил ячӏунароан. Гьей ячӏине ккани, тӏубараб къоялъ, хважаиналда аскӏове ине кколаан, гьелъул хӏатӏада къочаризе, къаси дой яс дихъе ячӏунейлъи лъани. Амма гьей ячӏине ккани, гьабизе кколаан хважаиналъ абу-абураб. Гьеб букӏана жужахӏ.\nДида ракӏалде ккана хважаин чӏвазе. Тӏокӏаб рес букӏинчӏо. Дида кӏолароан дой ясалдаса инкар гьабизе. Дихъе яс щолей йикӏинчӏо, хважаиналъул мурад тӏубазабуни гурони. Цин цӏадулъ, цин лъелъ хвеялдаса дие хважаин чӏвазе бигьаяб букӏана. Дица пикру гьабулеб букӏинчӏо гьел цого чагӏи рукӏиналъул.\nЦо сордоялъ, дой яс ячӏине заман щвейгун, дица къадго хӏадурун букӏана гӏащтӏиги…\nТӏокӏаб жо букӏинчӏо. Букӏун батизеги бегьула, амма тетрадалдаса тӏанчал тӏун ругоан.\nДихъе щвараб гьеб тетрадь ккола живго жиндицаго чӏварав чиясул тетрадь. Гӏемер ралагьана дица гьел гьоркьоса тӏун тарал тӏанчал, ратичӏо. Гӏагарлъиялдаги лъалеб батичӏо.\nГӏагарлъиялъе бокьуларо гьесул цӏар бахъизе. Гьев гӏадаллъарав чи вукӏиналъ, гӏадамазукьа нечон рукӏуна гьел. Хӏакъикъаталдаги рагьун абизе кӏолеб букӏинчӏониги, росуго гьев чи хвезегӏан чӏун рукӏана, киназго гьесие хвелго лъикӏилан абулеб букӏана. Ахиралдаги, бичӏчӏун батаниги батичӏониги, гьев живго жиндицаго чӏвана.\nГӏадамазул киназулго бугеб жо батилаха гьеб, жидедаго бихьулареб жо бихьулев чиясда гӏадаллъун вугин аби… щибха гӏадамазда гьабилеб?\nГьев, дир хӏисабалда, нилъеда кӏигогӏан гъваридгоги, лъикӏги дунял бихьулев чиясул гӏагарлъиялдехун адабги цӏунун, гьезие гьев чиясул цӏар бахъизе бокьунгутӏиги хӏисабалде босун, гьабураб букӏана дирго цӏар рехсей.\nГьебго тетрадалда букӏана тӏадехун рехсарабщинаб жоялъул магӏна жаниб бугеб ахирисеб мухъги. Гьоркьоса тӏанчалги тӏун ругелъул, дица гьеб мухъ рехсечӏого тезехъин букӏана, хадубги пикру гьабуна…\nГьале гьеб:\n… амма дир черхалдаса бугеб гӏечул махӏ лъиданиги чӏвалеб букӏинчӏо."}
{"slug": "1068-kiudiyav-shagiir-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1068-kiudiyav-shagiir-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "title": "Кӏудияв шагӏир гьавуралдаса 95 сон тӏубаялде", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Пушкин ва Кавказ\nНилъ ругьунлъун руго «Пушкин щварал бакӏал, Пушкинил къокъаялъул шагӏирзаби, Пушкинил заман» абурал калимабазде. Нилъее гӏадатияллъун лъугьун руго гьел рагӏаби. Пушкин щварал бакӏазул рехсей гьабулаго, дида цебечӏола тӏолабго дунял.\nКавказалда Пушкин щварал бакӏазул бицунаго, «бакӏ» абураб рагӏи рекъон кколаро. Кавказ – гьеб буго кӏудияб ракь, поэзиялъул пачалихъ. Гӏадада гурелъулха Белинскияс абураб гӏурус поэзиялъул кинилъун лъугьанин Кавказ. Гӏурусазул унго-унгояб поэзиялъе Кавказалъул «кавабазул кӏул» кодобе щвана гӏурусазул тӏоцевесев шагӏир Александр Сергеевич Пушкинихъе. Лъикӏав устарас гӏадин, гьес гӏодове виччан ричӏана гьеб поэзиялъул балъгоял кӏулал.\nКӏиго нухалда щвана Пушкин Кавказалде – шагӏирасул гӏумру къокъаб букӏун буго. Тӏоцебесеб нухалда гьев щвана 1820 соналда. Къого сон барав шагӏирасул рекӏее кӏудияб асар гьабуна Кавказалъул кьер-кьераб тӏабигӏаталъ. Гьев хӏайранлъизавуна мугӏрузул халкъазул бахӏарчиял ишаз, гьунараз, гьезул гӏамал-хасияталъ, гьес байбихьана магӏарулазул гӏадатал, гьезул маргьаби-къисаби, бакънал, кучӏдул лъазаризе. Кавказ лъугьана гьесул шигӏрияб хӏаракатчилъиялъул темалъун.\n«Кавказалъул гьалдолел къоязул» бицунаго, А.С. Пушкиница веццана А.П. Ермолов – 1812 соналъул Ватӏанияб рагъул бахӏарчи, доб заманалда гӏурус пачаяс Кавказалда тарав сардар. Ермоловас тӏасабищана Кавказалъул халкъал тӏуранго тӏагӏинариялъул политика: гьесул буюрухъалда рекъон, рухӏулел рукӏана тӏурарал росаби, чӏунтизарулел рукӏана хурзал, къотӏулел рукӏана рохьал ва ахал, гӏасияб балагь бачӏинабулеб букӏана Кавказалъул гӏадамазде: «Мутӏигӏлъе, Кавказ, Ермолов вачӏунев вугин!»\nАмма Кавказ Ермоловасе мутӏигӏлъичӏо. Гьеб «мутӏигӏлъана» гӏелму-лъай цебетӏураб Россиялъе – А.С. Пушкинил ва Л.Н. Толстоясул Россиялъе. Цинги, ичӏго соналдасан, 1829 соналда, цӏидасан Кавказалде вачӏана Пушкин. Гьеб мехалда шагӏирас хъвана гӏемерав чи хӏайранлъизавураб «Кавказалъул асир», хъвана цӏаларасул ракӏ асир гьабулеб «Берцинай меседу, ахӏуге дий кечӏ…». Кӏиабизе Кавказалде щун хадуб гьес хъвана: «Кавказ», «Нух ччукӏараб бакӏ», «Калмыкалъе сайгъат гьабураб», «Казбекалда бугеб монастырь», «Гуржиязул гохӏазде сардил бецӏлъи рещтӏана», «Хӏапизидаса», «Делибаш», «Баракатаб буго доб къо, доб сагӏат», «Мугӏрузул кьурабазда гьоркьосан чвахулеб буго Терек», «Гьале дол пашманал кьурабазул кӏкӏал», «Хӏинкъиги чӏалгӏенги», «Арзурумалде сапар». Шагӏирас чанцӏулго рехсана Кавказ жиндирго гӏемерал кагътазулъги. Гьел цӏалидал, Достоевскияс хъвана, Пушкинида кӏолин «чияраб миллаталъулъе лъугьине», бихьизабуна «тӏолабго дуниялалъул тӏалаб-агъаз рекӏелъе босизе» бажарулин гьесухъаян.\nГьеб киналдаго разилъизе ккола. Амма, дир хӏисабалда, Кавказалъул миллатаздехун Пушкинил бербалагьи «чияраздехун» гӏадинаб букӏанилан абизе рекъараб гьечӏо. Хӏакъикъаталдаги кӏудияв шагӏирасе чияраб миллат букӏунаро.\nДида ракӏалде ккола, тӏоцеве Кавказалде щвараб мехалъ, Пушкиние гьеб букӏанин гьев хӏайранлъизе, сагьвиллъизе гьавураб бакӏлъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула вацасухъе хъвараб кагътида ругел гьадинал рагӏабаз: «Гӏайиб гурищ… мун дида цадахъ гьечӏелъул: цоцазда цун ругел гьал мугӏрузул гьайбатаб кьералъухъги цӏороца рацарал гьезул тӏогьазухъги валагьизе. Роцӏараб рогьалил гӏужалъ рикӏкӏадасан гьел рихьула батӏи-батӏияб кьералъул, амма рагъаричӏого чӏарал гӏажаибал накӏкӏал гӏадин». «Евгений Онегин» абураб романалда Пушкиница Кавказалдехун хитӏаб гьабулеб буго:\nДуца гьал рухӏиял хӏикмалъабазде,\nУнго, чан нухалъ дун къабул гьавурав.\nДухъ хӏасрат бергьарав, духъ рухӏдаллъарав,\nДица чанцӏул дуда дандчӏвай гьабураб.\nКӏиабилеб нухалда вачӏараб мехалда, гьесие Кавказ лъугьана жиндирго пикраби тӏаде цӏараб бакӏлъун. Гьелдаса хадуб, сундул хӏакъалъулъ хъвалеб бугониги: «Евгений Онегин» романалдаги, «Тазит» поэмаялдаги, «Цинги ниж церехун ана», «Дица цо диего памятник бана», «Къуръаналда релълъун хъвараб» абурал кучӏдузулъги шагӏирас рехсолеб буго Кавказ. Кавказалда хурхараб темаялдаса гӏемерго рикӏкӏалъарал асарал гьечӏищха гьел…\nКавказалъул рагъул пикрабазде вана Пушкин, кӏиабилеб нухалда гьаниве щведал. Гьесул пикру-гӏакълуялъулъги кӏудияб хиса-баси ккезабуна гьеб сапаралъ. Гьанже гьес хъвалеб гьечӏо: «Мутӏигӏлъе, Кавказ…» – абун. Ермоловасдехун букӏараб бербалагьи хисун буго. Кавказалде унаго, гьесухъе щведал, шагӏирас хъвалеб буго: «Гьесул гьими сурукъаб буго, – ххвалие гьабулеб гьими бугелъулха гьеб», – ан.\nНилъер рекӏелъе лъугьунеб пикру гьабизе ккараб бакӏ дандчӏвала «Арзурумалде сапаралдаги». Сапаралда вугев Пушкин, гьел цӏунун цадахъ рукӏарал рагъухъабаздаса дагьавги нахъа хутӏула, гьалагаб хъудигун чвахун унеб Терекалъухъ валагьун. Аскӏове вачӏун, цо солдатас гьесда абула:\n– Нахъа хутӏизе чӏоге, дур бетӏерчӏахъаяв. Чӏвала мун гьанив.\n– Щай? Сундухъ?\n– Щаяли, сундухъали цӏехечӏого, чӏван рехула. Цинги лъугӏула иш. Тушбаби руго сверухъ.\n– Тушбабийилая? Лъил тушбаби?\n– Лъил тушбабийилая? Гьабсагӏат кьвагьдезе лъугьина. Гьеб мехалда лъала лъил тушбаби гьелали.\n– Гьел дирги дурги тушбаби кколел ругоха? Уйищ?\n– Бичӏчӏуларедухъ кӏалъалев вуго, бетӏерчӏахъад, мун.\nМун кисайилан гьикъана гьесда Пушкиница. Рязаналдаса вугилан кьуна жаваб.\n– Гьал мугӏруздаса гьел гӏадамал дур росулъе рачӏун рукӏанищ? Гьез дур мина-рукъ бухӏанищ?..\n– Вай, Бетӏергьан Аллагь, батӏаго гаргадулев вуго мун…\nЦинги хӏикмалъун хутӏарав солдатас абула: «Гьадинаб бугоха, бетӏерчӏахъад, нижер хъулухъ…», – илан. Гьединал бакӏал гӏезегӏан руго Пушкинил асаразулъ.\nГьанже гӏемерисезул кӏалдир ругьунал рагӏабилъун лъугьун руго «Кавказалъул миллаталъул чиясул гьумер» абураб калима. Пушкин Кавказалдаса вукӏанилан чӏезабизе лъугьинаро дун, амма Пушкин шагӏирасул «гьумер Кавказалдаса чиясул буго». Гьениб кин абилеб: «Русалъул махӏ бугилан», яги «гьесул чорхолъ Африкаялдаса чиясул би букӏанилан».\nПушкиница Кавказалъул хӏакъалъулъ хъвана гӏезегӏанго кучӏдул, чанго поэма, ракӏалда букӏана кӏудияб роман хъвазеги. Гьес ахӏулел рукӏана Кавказалъулгун рагӏи дандеккезабейилан, рекъел гьабейилан. Гьединаб шигӏру-назмуялъулаб васият гьабуна гьес жиндаса хадур рахъине ругел шагӏирзабазеги.\nПушкинил ирс бечелъизабуна гьесдаго релълъун хъвадаризе лъугьараз ва гьесул иш цебехун бачараз. Михаил Лермонтовас жиндирго хасаб нухдасан цебехун бачана гьесул иш. Пушкиница тараб ирс прозаялда бечелъизабуна кӏудияв хъвадарухъан Лев Толстояс. Цӏакъго тӏадегӏанаб гьеб лъабабго цӏаралда тӏаде жубазе мустахӏикъаб буго Украинаялъул машгьурав вас Тарас Шевченкол цӏарги. Гьудуллъи гьезие букӏана кӏудияб поэзиялъулаб гӏаламатлъун. Гьанже гьеб биххун буго. Амма, Пушкиница абухъе, «дагӏба-рагӏи кӏочон тун, кӏудияб хъизамалда цолъила халкъал…».\nРагъул-Гуржи нухдасан сапар гьабураб соналда Пушкиница хъвана «Кавказ» абураб цӏакъго лъикӏаб кечӏ. Гьеб байбихьула: «Кавказ дида гъоркь буго, Борхалъуда цохӏо дун…» абураб мухъалдалъун. Гӏемерисез рикӏкӏуна гьелъ Россиялъул зулму-хӏал загьир гьабулеб бугин. Гьанже, гьел рагӏабиги такрар гьарун, цо-цояз хӏаракат бахъулеб буго: «Кавказ Россиялъул ракь бугилан», гьелъул магӏна хисизабизе. Дида ракӏалде кколаро гӏурус халкъалъул цогидазулалдаса тӏокӏлъи-тӏадегӏанлъи бугилан абураб магӏна Пушкиница гьел рагӏабазулъ лъун букӏун батилилан. Гьес загьир гьабулеб буго Кавказалъул тӏабигӏаталъул тӏаде ракӏцӏалеб хасият.\nГьанже дие бокьилаан гьеб пикру дагьабги дуруслъизабизе: «Кавказ нилъедасаги тӏадегӏанлъуда буго. Ва нилъер масъала ккола ишазги, шигӏрабазги, ахӏулел кучӏдузги цӏар-рецц гьабун, машгьурлъизабизе жиндир халкъаз гӏурусазулгун ва цогидал халкъазулгун гьудуллъи-вацлъиялда гӏумру гьабулеб бугеб гьеб гьайбатаб ракь».\nДагъистаналда цониги шагӏир гьечӏо Пушкиние кечӏ сайгъат гьабичӏев ва гьесул кучӏдул жиндирго рахьдал мацӏалде руссинаричӏев. Гьесул хӏакъалъулъ кучӏдул ахӏана Сулейман Стальскияс. Гьесулгун «мушавара гьабун, гӏакълу дандбана» Цӏадаса Хӏамзатица. Кидаго кӏоченаро гьесул хӏакъалъулъ Хӏамзатица хъварал мухъал:\nПушкин, мун хваравилан,\nХалкъалъго рикӏкӏаниги,\nРикӏкӏен гьечӏел асараз\nЭл гьереси гьарула.\nАдабият чӏухӏизе\nЧӏарал дур гъутӏбузул махӏ,\nГьоркьоса къотӏичӏого,\nТӏаде гъенелеб буго.\nРоссиялъул городал\nГвангъарал памятникал\nМун чӏаго вукӏиналъе\nКьучӏал нугӏзаллъун чӏола.\nНилъ ругьунлъун руго гӏицӏго гьесул заманалда рукӏарал шагӏирал Пушкинил къокъаялъул шагӏираллъун рикӏкӏине. Амма, цогидаб заманалъул бищунго лъикӏал шагӏирзабиги рачинаан дица гьесул къокъаялде гьоркьоре. Гьез гӏумру гьабулеб букӏараб заман гуро дица кьочӏое босулеб. Гьанже нилъее Пушкинил заман гьечӏо, буго Пушкинил адабият.\nДагьав цевегӏан дун щвана Китаялде, Шанхай шагьаралде. Гьениб нижер делегациялъ тӏугьдул лъуна Пушкинил памятникалда цере. Гоминданил заманалдаги культурияб революциялъул заманалдаги – чанго нухалда щущазабуна гьеб, амма щибаб нухалда цӏидасан къачӏана. Гьанжеги гьеб бахъун чӏун буго, гӏицӏго Россиялдехун гуребги, тӏолабго дунялалдехун гьумерги буссинабун. Пушкин вугелъулха Россиялъулги, Китаялъулги, Кавказалъулги – тӏолабго дунялалъулго шагӏир.\nДун вохарав вуго Махӏачхъалаялда, Пушкинил цӏар лъураб библиотекаялда цебе бугеб ахикь, гьесул памятник эхетун букӏиналдаса. Гьев машгьурав шагӏир ракӏалдещвеялъе лъурал бищунго лъикӏал памятниказул цояб буго гьеб. Щибаб соналъ, Пушкинил къоял тӏоритӏулаго, хъвадарухъабиги, интеллигенталги, студенталги, цӏалдохъабиги данделъула гьенир ва кучӏдул цӏалула.\nГӏемер руго Пушкиние памятникал. Гьезда берчӏвазе битӏккана дие. Москваялда дир рукъ букӏана Пушкинил памятникалда гӏагарлъухъ, Тверской бульваралда. Одессаялда Приморский бульваралда эхетараб Пушкинил памятникалда цере дица тӏугьдул лъуна, Дагъистаналъул делегациялда цадахъ гьениве щведал.\nДица магӏарул мацӏалде руссинаруна Пушкинил гӏемерал кучӏдул ва поэмаби. Гьев шагӏирасдехун кӏудияб рокьи буго дир рекӏелъ – дие ирсалъе щварабги дилъго бижарабги.\nЦо нухалда ниж Махӏачхъалаялдаса Дербенталде унел рукӏана. Нижер цояс абуна, «Кавказалъул миллаталъул чиясул гьумер» бихьизабилин гьабсагӏат нужедаян. Хӏакъикъаталдаги, тӏабигӏаталъул хӏикматаб сурат цебе рехун бачӏана ниж Избербаш шагьаралде щолел рукӏараб мехалъ. Гьениб цо мугӏрул щоб тӏубанго релълъун бугоан Александр Сергеевичасул гьурмада. «Пушкин Дагъистаналдеги щун вуго! – ян рекӏелъ сири бана дир, сагьвиллъун хутӏана дун. Гьаб Мугӏрузул улкаялда Аллагьас абадиялъего цӏунун буго гьесул сипат. Гьедин Кавказ лъугьун буго Пушкинил пачалихълъун!»\n«Гӏурус поэзиялъул бакъилан» абула Пушкинида. Амма гьаб ахираб заманалда гьединабго цӏар-рецц гьабулеб буго гьанже ругел цо-цо цогидал шагӏирзабазеги. Амма… бакъ цо гурони букӏунареб гӏадин, Пушкинги цо вуго! Гӏемерал жал цӏваби рукӏуна. Биччанте цогидал шагӏирзабазда цӏвабийилан абизе.\nНилъеда лъала Америка рагьараблъи Колумбица, ва гьес талавур гьабуна гьеб. Пушкиница гӏурус поэзиялъе рагьана Кавказ, ва гьес гьелъул берцинлъи-гьайбатлъиги цӏар-реццги цӏикӏкӏинабуна.\nКавказ жиндирго поэзиялъулъ рагьарав гьев гӏурус Колумбие, адабияталъул киналго ралъадазул, киналго жанразул адмираласе, дица щибаб соналъ гьадинал къоязда салам кьола шагӏир Ярослав Смеляковасул рагӏабаздалъун:\nАссаламу гӏалайкум, Пушкин!\nБаркула мун гьавураб къо, хирияв шагӏир!\nСибиралде\nРикӏкӏад Сибиралъул цӏадул магӏданахъ\nЦӏуне борхалъуда чӏухӏараб хӏехьей!\nЧӏалгӏаде хвеларо гьабураб хӏалтӏи,\nНужер пикрабазул лебалал къасдал!\nВа къварилъиялъул тӏулбикьараб бац, –\nРакьул гундухъ ругел нужер божиялъ\nБорчӏизе гьабила кьижараб талихӏ,\nБачӏине гьабила гьайбатаб заман.\nТуснахъалъул бецӏаб гордухъе жаниб\nДир бацӏцӏадаб гьаракь борчӏулеб гӏадин,\nБачӏина нужехъе рокьи, гьудуллъи,\nХъулбузда рахарал рахаязулъан.\nТуснахърукъ биххила, рахсал тӏун ина,\nЭркенлъиялъ нужер кверал росила.\nРохелги талихӏги кӏалтӏа рещтӏина,\nВа вацаца ярагъ нужехъе кьела!\nЧаадаевасде\nГьерсилаб гӏищкъуялъ, гӏисинаб реццалъ\nГӏемер мехалъ кквечӏо нилъ махсараде.\nСардил макьу гӏадин, радал накӏкӏ гӏадин,\nТӏагӏана некӏсиял рекӏел божиял.\nАмма жеги нилъелъ рокьи гьалдола,\nГьалагаб зулмудул балагьалда гъоркь;\nГъираялъул цӏурал панаял ракӏал\nВатӏаналъул гьаркьихъ гӏинтӏамун руго.\nГӏишкъу бергьаралъухъ гьейгун дандчӏвазе\nРокьул гӏужда вугев гӏолохъан гӏадин,\nЭркенлъи баркараб минут щвеялъухъ,\nНилъер щибав гьадин валагьун вуго.\nТалихӏ рохелалъухъ хӏасрат рукӏаго,\nНамусалъе ракӏал чӏаго рукӏаго,\nРекӏел гьудул инсул ракьалъе кьезин,\nРухӏалъул бищунго берцинал къасдал.\nГъалмагъ, божа: хехго баккизе буго\nУлка хӏайранлъараб талихӏалъул цӏва!\nКьижараб борчӏила нилъер Россия,\nВа гьаб кверщел биххун, гьелъул чӏвадназда\nЧӏахӏахатӏалъ хъвала нилъерги цӏарал!\n* * *\nДие мун йокьана…\n(Я Вас любил…)\nДие мун йокьана, – рокьул цӏа, бухӏи\nДир рукьбалъ гьанжеги сун батиларо.\nДие бокьун гьечӏо мун пашманлъизе,\nДуца гьелъул щибго пикру гьабуге.\nДие мун йокьана, – щибго калам тун,\nЩаклъияз, хӏинкъабаз къакъалеб керен.\nДие мун йокьана, – тӏолго рокьиялъ\nЙокьа цогиязе, дие гӏадин, мун.\nБулбул\nСас гьечӏел ахазукь, ихдаде, сардилъ,\nАхӏула булбулалъ тӏогьое сарин;\nАмма гьайбатаб тӏегь гӏенеккуларо,\nКочӏол гьаркьихъе гьеб кьижун букӏуна.\nДуцаги гьединан гурищ ахӏулеб\nХӏайранай, берцинай еццун кечӏ, поэт?\nГьей гӏенеккуларо, гьей тӏегьан уна,\nВа дур кочӏое гьелъ жаваб кьоларо.\nЧаранги меседги\nКинабго дирилан\nКӏалъана месед.\nКинабго дирилан\nКӏалъана чаран.\nКинабго босилин\nКӏалъана месед.\nКинабго бахъилин\nКӏалъана чаран.\nРуссинаруна Хӏамзатил Расулица."}
{"slug": "1074-k-ets", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1074-k-ets", "title": "Къец", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель\nМахӏачхъалаялъул №11 абилеб гимназиялда тӏобитӏана республикаялъул рахьдал мацӏазул учительзабазда гьоркьор къецал\nГьенив гӏахьаллъана 39 учитель. Гьезда\nгьоркьоса — магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул 11 учитель. Гьел ккола Болъихъ районалъул\nКьохъ росдал школалъул учитель Гьадигат Хӏасанова, Хасавюрт районалъул Советское росдал школалъул учитель Алипат Гӏабдулхӏамидова, Хунзахъ районалъул Гӏобода школалъул учитель Патӏимат Мухӏамадова, Каспийск шагьаралъул №3 школалдаса Хамиз Хӏажиева, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росдал школалдаса Хӏабизат Амагаева, Буйнакск шагьаралъул №7 школалдаса Гӏайшат Гьитӏинамухӏамадова, Гъизляр районалъул Новомонастырское росдал школалъул учитель Тахмина Гъазимухӏамадова, Чӏарада районалъул Кьорош росдал школалдаса Патӏимат Мухӏамадгӏалиева, Гъуниб районалъул Хӏутниб росдал школалдаса Рамазан Гъазимухӏамадов, Казбек районалъул Буртунай росдал школалъул учитель Загьра Гӏалиева ва Цӏумада районалъул Къеди росдал школалъул учитель Загьрабика Исрапилова.\nКъецал байбихьана №11 гимназиялъул цӏалдохъабазул музыкалияб саламалдалъун. Гьединго учительзабазе гьара-рахьи гьабуна республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Лариса Абрамовалъ.\nКӏиго къоялъ кьуна гьез дарсал. Учительзабаз бихьизабуна дарсал кьезе жидерго бугеб махщел. Магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул щивав учитель мустахӏикъав вуго жиндир хӏакъалъулъ лъикӏаб рагӏи абизе. Гьез хӏаракат бахъулеб букӏана, цӏиял технологиязул кумекалдалъун, гӏадатиял гурел дарсал кьезе. Кӏигояз кьуна магӏарул мацӏалъул дарсал, хутӏараз — адабияталъул.\nАмма дарсазда рукӏаразе кӏудияб, кӏочонареб асар гьабуна Р. Гъазимухӏамадовас,\nЗ. Гӏалиевалъ ва П. Мухӏамадгӏалиевалъ. Гьел лъабалго мустахӏикъал рукӏана къецазул кӏиабилеб бутӏаялда гӏахьаллъизе. Амма цоясе гурони гьединаб рес кьоларо. Хӏисаб гьабуни, масала, дида гьеб тӏубан битӏараблъунги бихьуларо. Санайил цӏикӏкӏараб къадар букӏуна магӏарул мацӏалъул учительзабазул. Цогидазде дандеккун, гьел лъабго-ункъо нухалда цӏикӏкӏунги рукӏуна. Гьезулги цо-цо чи, нилъерги цо — битӏун гьечӏо гьеб къагӏида. Лъайкьеялъул министерствоялъ щай гьеб суалалде кӏвар кьоларого бугебали бичӏчӏуларо.\nХӏасилал гьарун хадуб «Магӏарул мацӏ» номинациялда бергьенлъи щвана З. Гӏалиевалъе, кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Р. Гъазимухӏамадов ва П. Мухӏамадгӏалиева, лъабабилеб бакӏ гьоркьоб бикьана З. Исрапиловалъ, Гь. Хӏасановалъ ва А. Гӏабдулхӏамидовалъ.\nЛъабабилеб къоялъ къецазул кӏиабилеб бутӏаялде рорчӏарал учительзабаз кьуна классалъул сагӏтал. Финалалде рорчӏараз бицине кколаан жидерго хӏалтӏул проекталъул хӏакъалъулъ.\nМагӏарул учительзабазда гьоркьоса финалалде ккана ва кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Казбек районалъул Буртунай росдал гьоркьохъеб школалдаса Загьра Гӏалиева. Къецазда исана тӏоцебесеб бакӏ босана Сергохъалаялдаса рахьдал мацӏалъул учитель Насибат Хӏажиевалъ. Лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Сулейман-Стальск районалдаса Анжелика Шихрагимова."}
{"slug": "1075-poeziyal-ul-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1075-poeziyal-ul-k-o", "title": "Поэзиялъул къо", "date": "2018-03-23 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "21 марталда Махӏачхъалаялдаги кӏодо гьабуна шигӏрабазул байрам\nГьеб байбихьана шагӏирзаби Расул Хӏамзатовасе, Сулейман Стальскиясе, Эфенди Капиевасе рарал памятниказда цере тӏугьдул лъеялдалъун. Хадуб хъвадарухъаби, шагӏирзаби ва Дагъистаналъул поэзия бокьулел данделъана Поэзиялъул театралда. Дандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас. Гьес баркана шигӏрабазул байрам ва цӏалана Дагъистаналъул шагӏирзабазулги жиндиргоги кучӏдул. Цинги Дагъистаналъул батӏи-батӏиял миллатазул шагӏирзабазги цӏалана жидерго кучӏдул. Байрамалда гӏахьаллъана гӏолохъанал авторалги. Аслияб къагӏидаялда гьез цӏалана жидеца жидерго учительзабилъун, насихӏатчагӏилъун рикӏкӏунел чӏахӏияб гӏелалъул, нилъгун гьечӏел шагӏирзабазул кучӏдул. Гьединго байрамалда гӏахьаллъана Махӏачхъала шагьаралъул школазул цӏалдохъабиги.\nАллагьас кьуна поэзиялде рокьи\nБуйнакскалда 27 соналъ хӏалтӏулеб буго Литературияб рукъ\nБуйнакскалъул централияб библиотекаялъул нухмалъулей Нурян Темирбековалъ гӏемер тӏоритӏула шагӏирзабазулгун дандчӏваял. Гьей ккола Литературияб рукъалъул нухмалъулейги. 21 марталда, ай тӏолгодунялъул поэзиялъул къоялъул хӏурматалда, библиотекаялда гӏуцӏун букӏана Наби Гӏисаевасулгун дандчӏвай. Гьелда гӏахьаллъана Буйнакск шагьаралъул №2, 6, 9 школазул цӏалдохъабигун учительзабиги, библиотекабазул хӏалтӏухъабиги, шагӏирзаби Махӏмуд-Апанди Мухӏамадовги Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовги.\nДанделъиялда Наби Гӏисаевас бицана жиндирго гӏумруялъулги, адабияталде, хасго поэзиялде рокьи бижиялъе кьучӏ лъурал хӏужабазулги, сверухъ бугеб дунялалде бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ. «Магӏарул мацӏалде рокьи бижизабуна дир учитель, Шамил районалдаса Асадула Мансуровас. Дица гӏажаиблъи гьабулаан: гучаблъун, берцинаблъун рикӏкӏунеб гӏурус мацӏалдасаги гӏемерал хӏарпалги гьаркьалги магӏарул мацӏалда ратиялъ. Поэзиялде рокьи кьуна дие Аллагьас ва гьеб куцана дир эбелалъ – гьей йикӏана росдал библиотекарь, дунги вукӏунаан гьелда аскӏов тӏахьал цӏалулев», — ан бицана Набица.\nКӏудияб баркала загьир гьабуна Гӏисаевас чачаназул руччабазеги. «Чачанал Казахстаналдаса тӏадруссараб мехалда, нижедехун хъачӏлъи загьир гьабичӏо гьез. Гьез нижее кьолаан квен, батӏи-батӏиял нигӏматал. Абулеб букӏана жидеда аскӏорго рукӏаян, амма умумузул ракьалде тӏадруссана нижер гӏадамал», — ан ракӏалдещвезабуна гьес.\nНаби Гӏисаевасе баркала кьуна шагьаралъул библиотекарал Патӏимат Хӏажиевалъги, Хӏузайнат Мухӏамадовалъги, Патӏимат Нуцалхановалъги, Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовасги лъарагӏазул шагӏир Фатима Дадаевалъги. «Рахьдал мацӏалда кучӏдул хъвалев дуе баркала буго, Наби. Дур асаразулъ бессун буго ватӏаналде, эбелалде, чӏужугӏаданалде рокьиги, квешал пишабазде ццинги, вахӏшилъиялда разилъунгутӏиги», — ян абуна Ф. Дадаевалъ.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "1168-rakhunel-untabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1168-rakhunel-untabi", "title": "Рахунел унтаби", "date": "2018-03-30 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Ахӏвал-хӏал лъикӏлъулеб буго, амма…\nБруцеллез тӏатараб Дагъистаналъул щуго районалда карантин лъазабуна\nРоссельхознадзоралъул управлениялъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна исана соналъул байбихьудаса нахъе Дагъистаналъул щуго росулъ бруцеллезалъ унтарал хӏайванал ратанилан. Гьел ратун руго Гъарабудагъкент районалъул Къакъашура, Нугъай районалъул Нариман, Дербент районалъул Гъоркьа Рукел, Гӏахъуша районалъул Урхьучӏимахьи росабалъ ва Дахадаев районалъул «Дибгашинский» СПКялда. Ветеринариял хъулухъаз гьел росабалъ, бруцеллез тӏагӏинабиялъе, хехал тадбирал гьарулел руго.\nБруцеллез ккола бахунеб унти ва гьеб хӏайваназдаса гӏадамазде бахиналъул хӏинкъиги букӏуна.\nГьеб рахъалъ Дагъистаналда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал лъазабиялъул мурадалда, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул ветеринарияб управлениялъул начальникасул заместитель Аюб Мамедовасулгун.\n— Аюб, Дагъистаналда бруцеллез тӏибитӏиялъе хӏинкъи бугищ?\n— Ахираб щуго соналда жаниб бруцеллезалъ гӏадамал унтиялъул щибаб лъагӏалида жаниб 120-гӏанасеб лъугьа-бахъин ккола. Гӏемерал соназ гьарурал цӏех-рехаз бихьизабулеб буго 100 азарго чиясда гьоркьоса 2-3 чи бруцеллезалъ унтулев вукӏин. Масала, 2017 соналда республикаялда унтана 118 чи. Цересел соназул баянал росани, масала, 2014 соналда бруцеллезалъ унтун вуго 144 чи, 2015 соналда — 140, 2016 соналда – 110. Хӏисаб гьабуни, Дагъистаналда бруцеллез тӏибитӏиялъе абизегӏанасеб хӏинкъи гьечӏо.\n— Бруцеллезалъ гӏадамал унтиялъул хӏужаби кир цӏикӏкӏун ругел?\n— Гьеб рахъалъ бищунго санагӏалъи гьечӏеллъун рикӏкӏуна Гӏахъуша, Болихъ, Лаваша, Буйнакск, Дахадаев, Бабаюрт, Гъизилюрт, Дербент, Гъизляр, Гъарабудагъкент, Нугъай, Рутул, Тарумовск, Хунзахъ, Цӏумада ва Шамил районал, Южно-Сухокумск ва Махӏачхъала шагьарал. Гьенир 100 азарго чиясда гьоркьоса бруцеллезалъ унтаразул къадар, республикаялда бугеб гьоркьохъеб хӏисабалдаса, 1,5-ялдаса 11-ялде щвезегӏан цӏикӏкӏун буго.\n— Бруцеллезалъ щал унтулел ва гьелъие кинал гӏиллаби ругел?\n— Бищун цӏикӏкӏун бруцеллезалъ гӏадамал унтула май-октябрь моцӏазда. Гӏемерисеб мехалда бруцеллез бахуна унтараб хӏайваналъулгун бухьен букӏиналдалъун ва гьел хӏайваназул кванил нигӏматал хӏалтӏизариялдалъун, ай лъикӏ белъинчӏеб гьан яги лъикӏ гьализабичӏеб рахь ккола унти бахиналъе бугеб аслияб гӏилла. Цо-цо ккола гӏи-боцӏуе хъулухъ гьабулел лъимал бруцеллезалъ унтиялъул хӏужабиги.\n— Бруцеллезалъ унтулел хӏайваназул къадар цӏикӏкӏиналъе щиб гӏилла бугеб?\n— Жалго бетӏергьанал магӏишатазда гӏи-боцӏуе жиндир заманалда дару гьабунгутӏи. 2018 соналъул тӏоцебесеб январалда, ДРялъул ветеринарияб комитеталъул баяназда рекъон, республикаялда бруцеллез тӏатинабиялъул рахъалъ лъикӏаб ахӏвал-хӏал батичӏо 25 пункталда. Гьездаса 18 – чӏегӏерхӏайваназда ва 9 – гӏи-цӏцӏаназда бруцеллез ккеялда хӏинкъи буго.\nГӏадамал ва хӏайванал бруцеллезалъ унтиялъе квербакъула:\n— гӏи-боцӏуе заманалда ветеринарияб хъулухъ гьабунгутӏиялъ;\n— хӏайван хъвеялъе хасгьабун чӏезабураб бакӏ ва ветеринариял тадбирал тӏоритӏиялъе шартӏал чӏезарун гьечӏолъиялъ;\n— республикаялда бугеб 11,5 азаргогӏанасеб КФХялда ва 438 азаргоялде гӏагарун ЛПХялда батуларо гӏи-боцӏул тӏубараб хӏисаб, тӏадчӏун гьабуларо унтабазда данде дару ва вакцинация. Гьединлъидал 20 проценталдасаги цӏикӏкӏун хӏайван хутӏулеб буго я унтиялъул цӏех-рех яги вакцинация гьабичӏого;\n— бокьахъги мучӏдуздаги цадахъ хьихьула батӏи-батӏияб тайпаялъул хӏайванал. Унтарал хӏайваналги рукӏуна гьездаго гьоркьор;\n— ветеринариял тӏалабалги хвезарун, хӏайванал росула ва гочинарула цо бакӏалдаса цогидал бакӏазде;\n— гӏи-цӏцӏани гочинарун хьихьулеб къагӏида;\n— жалго бетӏергьанал магӏишатазда гӏи-бицӏул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин.\n— Кин инсанасде бруцеллез бахунеб ва унтун вукӏин кин лъазе рес бугеб?\n— Бруцеллез бахаралдаса гьеб тӏатине бала цо-кӏиго анкь, моцӏ. Унтул гӏаламаталги ккола: цӏа-кан бахин, чӏаголъи дагьлъи, гӏетӏ бай, бетӏер, ччорбал ва рищалаби унти. Унтарал хӏайваназе хасиятаблъун буго тӏинчӏ тӏами, гьабураб тӏинчӏ чӏаго хутӏунгутӏи, хӏорго хутӏи.\nБруцеллезалъул микробал багӏариялдаса яги цӏороялдаса хӏинкъуларо, гьел ракьулъ нусго къоялъги чӏаго хутӏула. Лъелъ чӏаго хутӏула 114 къоялъ, харилъ, квасулъ, ракулъ — ункъо моцӏалъ, хӏанилъ, нисдалъ — 70 къоялъ, цӏорозабураб гьаналъ — 50 къоялъ. Гьебго заманалда 60 градусалъ багӏаризабуни, гьел 30 минуталдасан хола, гьализаруни ва хасаб дару хӏалтӏизабуни — щуго минуталдасан.\nУнти бахине хӏинкъи букӏуна хӏайваназул къинлъи бахъулаго, гӏи къунцӏулаго, кьагӏаздаса цӏоко бахъулаго, бакъвараб рак хӏадурулаго, унтарал хӏайванал рукӏунеб бакӏ бакӏарулаго, гьезул рахь ва рахьдал нигӏматал, гьан кунаго. Амма бруцеллезалъ унтарал чагӏаздаса цогидазде унти бахиналда хӏинкъи букӏунаро.\nУнтарав заманалда больницаялде вачӏани, сахгьавизе кӏола. Кватӏизегӏан тани, унтиялъ жагъал гьабула инсанасул рукьбалгун чорбал, нерваби, ракӏгун бидурихьал ва жинсиял лугбал.\n— Прививкаби гьаруни, унтудаса цӏунизе бегьулищ?\n— Бруцеллезалдаса цӏуниялъе гьабулеб вакцина буго, амма гьелъ 100 проценталъ унти ккеялдаса цӏунулилан абизе бегьуларо. Вакцинация гьабула санэпиднадзоралъул идарабазул хӏукмуялдалъун 18 сон барал гӏи-боцӏухъабазе, ветеринариял хӏалтӏухъабазе, зоотехниказе ва гь.ц.\n— Кинал тадбирал тӏоритӏулел ругел лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялъул мурадалда?\n— Ветеринарияб комитеталъ республикаялъул хӏукуматалде битӏизе хӏадур гьабун буго «Борьба с бруцеллезом людей и сельскохозяйственных животных на территории Республики Дагестан от 2015-2017 гг. до 2020 года» абулеб, бруцеллезалде данде рагъ баялъул хасаб программа. 2017 соналда бруцеллез тӏатинабурал районазда низам хвезабиялъул хӏужаби ратун, комитеталъул регионалияб халкквеялъул специалистаз гьабуна 141 дело ва гӏайибияздаса бахъана 141 азарго гъуруш.\n— Нужер хӏалтӏуе сунца квалквал гьабулеб бугеб?\n— Квалквалал цӏакъ гӏемер руго. Гьоркьохъеб хӏисабалда республикаялъул ветеринариял хӏалтӏухъабазул моцӏрол харж буго 11,7 гъуруш. Гьеб ккола республикаялда бищунго гӏодобегӏанаб харж. Гьабулеб хӏалтӏи абуни, цӏакъго цӏикӏкӏараб буго. Цо специалистас хъулухъ гьабула 1000-ялдаса цӏикӏкӏун хӏайваналъе. Жакъа хӏалтӏулел ругел ветеринариял тохтурзабазул гьоркьохъеб ригь ккола 57 сон. Гьединаб гурони харжги кьечӏони, щал рачӏунел гьел хисизе?\nРайоназда ва росабалъ ветеринариял хӏалтӏаби тӏоритӏулаго, бегавулзабазги гьабуларо кинабгӏаги кумек.\nА. Мамедовасулгун гьадинаб гара-чӏвариялдаса хадуб, сапар бухьана республикаялъул рахунел унтабазул централде. Рехсараб централъул отделениялъул заведующая Мухлисат Гьитӏиновалъ гьадин бицана:\n— 10-15 соналъ цебе нижер отделениялда вегун вукӏунаан бруцеллезалъ унтарав 200-300 чи. 2010 соналда гьанив вукӏана бруцеллезалъ унтарав 151, 2015 соналда — 63, 2016 соналда — 57, 2017 соналда — 72, 2018 соналъул тӏоцебесеб лъабго моцӏида жаниб-11 унтарав. Бихьулеб буго ахираб щуго соналда жаниб бруцеллезалъ унтаразул къадар саламатго гӏодобе ккун букӏин.\nДРялъул гочинабун гӏи-боцӏи гӏезабулеб зонаялда боцӏухъабазе медицинаялъулаб хъулухъ гьабиялъул рахъалъ бетӏерав тохтурасул заместитель Мухӏамад Гӏалиевасухъеги щвана ниж ва гьесдаги цӏехана бруцеллезалъул рахъалъ щиб хӏал бугебилан.\n— Гьаб зонаялда гӏумру гьабун вуго 77500 чи. Гьаниб бруцеллезалъ унтун вуго 108 чи, гьездаго гьоркьоб 18 лъимерги. Бищунго цӏикӏкӏун унтарал руго: Хунзахъ районалъул гъутабазда — 35 чи, Лак районалъул гъутабазда — 33 ва Гъуниб районалъул гъутабазда — 10 чи. Ахӏи-хӏур базе ккараб хӏалалда унтаразул къадар цӏикӏкӏун бугин абиларо. Амма бруцеллезалда данде къеркьеялъе чара гьечӏого хӏажат буго медицинаялъул ва ветеринариял хӏалтӏухъабазул цадахъаб хӏалтӏи.\nДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул графикалда рекъон, ихдал ва хаслихъе райбольницабаздаса хъутабазде рачӏунел рахунел унтабазул тохтурзабаз цӏех-рех гьабула гӏадамазде бруцеллез бахун бугищали. Батани, унтарал больницаялде ритӏула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1169-nuzhetsa-kh-valeb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1169-nuzhetsa-kh-valeb-bugo", "title": "Нужеца хъвалеб буго", "date": "2018-03-30 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рихьизе рокьула лъикӏал гӏадамал\nРедакциялде рачӏарал кагътазул обзор\n«Хӏакъикъаталъул» гьурмазда рахъарал кагътазул хӏасил гьабун хъварал макъалабазда аслияб куцалда бицунаан цӏалдолез кагътал хъваялъе гӏилла бугин бакӏазда ругел хӏакимзабазухъа кумек щолеб гьечӏолъи. Хъвалеб букӏана мискинчиясул гӏарзазухъ гӏенеккулев, гьесул масъалаби тӏуразарулев хӏаким, къад чирахъ бакун валагьаниги, ватулев гьечӏилан. Ракӏунтун бицунеб букӏана разиго гӏадатияв чиясул квер босулев, недегьго гьесул бадиве валагьулев чи халкъалъе хъулухъ гьабизе таразулъ къанагӏалъун вугилан, жидеего щолеб-толеб жоялда хадур лъугьун, хӏакимзаби гӏадамазул масъалабазде регӏулел гьечӏилан.\nЖакъайин абуни, нижее бокьун буго яхӏ-намусги иманги бугел гӏадамазул, гьез халкъалъе гьарулел пайдаял ишазул хӏакъалъулъ бицине. Масала, Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъа 82 сон барав Салихӏов Мухӏамадрасулица хъвалеб буго: «Гъоркьиса 18 декабралда гьуъразул унти сахгьабизе дун ана Къахӏиб бугеб районазда гьоркьосеб больницаялде. Бетӏерав тохтур Мухӏамадхӏажияс дир хал-шал гьабуна ва вегизавуна. Больницаялда чӏезабун буго лъикӏаб рацӏцӏалъи, тӏагӏамаб квен, чӏезабураб заманалда кьола дараби. Гьениб дие щибниги камураб жо течӏо, тӏадчӏун дараби гьаруна. Жакъа дун саламатаб сахлъиялда вуго. Бокьун буго дир гьабураб адаб-хӏурматалъухъ гьенир хӏалтӏулел лъикӏал гӏадамазе халатаб гӏумруги, сахлъиги, рохелги гьаризе, дун гӏадин, Аллагьги разилъаги гьездаса», — ян.\nГӏемерисел унтараз больницабиги тохтурзабазул тӏаса-масагояб хӏалтӏиги какулеб мехалда, Къахӏиб бугеб больницаялъул хӏалтӏи лъикӏаб даражаялда гӏуцӏун букӏин ва унтарал сахгьариялъе гьенир лъикӏал шартӏал чӏезарун рукӏин нилъ рохизе ккараб хӏужа буго.\nГумбет районалъул Данухъ росулъа Мухӏамад Султӏанмухӏамадовас редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Дун ккола тӏоцебесеб группаялъул инвалид. 1977 соналда авариялде ккана, хвана цадахъ вукӏарав 12 чи. Вегана гӏемерал больницабазда, амма кибго батичӏо ветераназул госпиталалда гӏадаб гӏадлуги, гурхӏел-рахӏму бугел ва кьолеб-толеб жо цӏехоларел тохтурзабиги ругеб больница. Нижер, ай херазул рахъалдасан баркала киназего, баркала киналъухъго», — ян.\nВетераназул госпиталалъул хӏалтӏухъабазе унтараз кьолел баркалаялъул кагътал редакциялде гӏемер рачӏуна. Ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулеб ва унтарал разияб гьеб больницаялъул медицинаялъул коллективалъе нижецаги баркала загьир гьабулеб буго.\n«Ракӏбацӏцӏадав инсан» абураб цӏаралда гъоркь Чӏарада районалъул газеталъул хӏалтӏухъан Къасум Чахчиевасул кагътида хъвалеб буго: «Чӏарада районалъул чӏахӏияб гӏелалда гьоркьов цониги ватиларо Цӏулдаса Гӏумаров Хӏажи лъаларев чи. Сабруяв ва ракӏбацӏцӏадав инсан, мухбир ва жамгӏияв хӏаракатчи Хӏажица лъалкӏ тана гӏагараб росдал ва районалъул тарихалда. 1956 соналъ лъугӏизабуна гьес Кьорош росдал гьоркьохъеб школа, хадуб Буйнакскалъул педучилище, хӏалтӏана Суметӏа росдал байбихьул школалда, Гӏурухъ-Сотӏа школалъул заведующийлъун. Гьес кӏудияб кӏвар кьолаан учительзабазул жавабчилъи борхизабиялде, цӏалдохъабазе гъваридаб лъай ва лъикӏаб тарбия кьеялде, школазул материалияб рахъ лъикӏлъизабиялде. 1968 соналда, заочно цӏалун, Хӏажица лъугӏизабуна пединститут. Хӏалтӏана Цӏулда росдал школалда тарихалъул ва физкультураялъул учительлъун. Гьесул цӏалдохъабаз призалъулал бакӏал росулаан районалъул предметиял олимпиадабаздаги спортивиял къецаздаги. 55 сон кьуна гьес, гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия ва лъай кьолаго. Гьелдаго цадахъ Хӏажи вукӏана жигарав жамгӏияв хӏаракатчиги. Гьев чанго нухалъ вищана росдал советалъул депутатлъун, лекторазул къокъаялъул председательлъун, 15 соналъ тӏубазабуна профсоюзалъул комитеталъул председателасул, хадуб партиялъул организациялъул секретарасул хъулухъал. 1973 соналда районалъул учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб социалистияб къецалда босараб тӏоцебесеб бакӏалъухъ Хӏажие медальги кьуна. Ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъухъ гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьесие кьуна «РФялъул халкъияб лъайкьеялъул отличник», «РФялъул лъайкьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан», «Дагъистаналъул мустахӏикъав учитель» абурал цӏарал, гьединго ДРялъул хӏукуматалъул, лъайкьеялъул министерствоялъул ва райОНОялъул Хӏурматиял грамотаби.\nЖакъа Хӏажи мустахӏикъаб хӏалхьиялда вуго, гьес бажарараб кумекги гьабула гӏагараб росдаеги школалъеги.\nХӏажил йикӏарай цӏалдохъан Патӏимат Асхӏабовалъ гьесие сайгъат гьабун хъвараб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:\nДир хирияв учитель,\nУргъула дун кидаго,\nКинаб гӏелмудал гъамас\nДуца дие рагьараб.\nРалъад гӏадаб гъваридаб\nКьуна дуца лъай, гӏакълу.\nЛъикӏаб тарбия щвана,\nКуцана сундуего.\nИнсанас ракьалда толеб лъалкӏ ккола гьес халкъалъе гьабураб лъикӏлъи. Лъикӏав учителас ракьалда толеб лъалкӏ гъваридаб букӏуна. Гьес гъваридаб лъайги камилаб гӏакълуги кьурал цӏалдохъаби ккола улкаялъул бечелъи ва лъикӏаб букӏинесеб. Хӏажи Гӏумаров унго-унголъунги лъикӏав учитель вукӏараблъи бихьула гьесул цӏалдохъаби гӏумруялъул битӏараб нухдасан иналъ, ва гьез Дагъистаналъул цӏар борхатго кквеял, щибго щаклъиги гьечӏо» — ян.\n«Хӏабиб-хӏажил гьунар — росдаего мисал» абураб цӏаралда гъоркь хъвараб Сиражудин Шамсудиновасул макъалаялда буго: «Мигӏарсо росулъа Лабазанил вас Хӏабиб-хӏажияс жиндирго гӏумру бухьинабуна динияб лъай тӏалаб гьабиялда. Диналде данде къеркьолеб заманалда, исламияб гӏелму лъазабизе, гьев балъго хьвадана Цӏумада районалъул Хуштада росулъе. Щулияб лъайгун тӏадвуссиндал, гьес жиндирго кьерилазда малъана Къуръан цӏализеги. Хӏабибица 14 нухалъ борхана хӏеж ва иргадулаб нухалда хӏежалде унаго, гӏарабазул ракьалда ккараб камиялъул хӏакъалъулъ гьадин бицана: «Нижер къокъаялда цадахъ йикӏана Патӏимат абурай ункъо лъимадул эбел. Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъ, гьей лъикӏ гьечӏого йихьун, дица кӏвараб кумек гьабуна, амма гьей нухда хвана. Кколеб куцалда Патӏимат Сириялъул ракьалда юкъана. Гьеб буго дир рекӏелъа унареб лъугьа-бахъин», — ан.\nХӏабиб-хӏажиясул руго микьго васги цо ясги. Сириялда рагъ ккелалде цебе, исламияб цӏалиги тӏубан, гьениса нахъруссана гьесул васал Мухӏамадги Гӏабдулаги. Мухӏамад ккола Хасавюрталда бугеб исламияб университеталъул мугӏалим, Гӏабдула хӏалтӏулев вуго Мигӏарсо росдал мажгиталъул имамлъун, гьединго мадрасаялда мугӏалимлъунги. Патӏиматица лъугӏизабуна Хасавюрталъул исламияб универститет, заочно цӏалулей йиго аспирантураялда, мажгиталда гьелъ малъула росдал ясазда Къуръан. Гьоркьохъев вас Гӏабдурахӏман ккола росдал басрияб мажгиталъул будун. Хӏабибил лъималазул анлъгоясе щвана тӏадегӏанаб исламияб цӏали, лъабгояв цӏалулев вуго Хасавюрталъул исламияб университеталда. Къокъго абуни, Хӏабибицаги Загьрацаги (сураталда) тарбия кьун гӏезабуна берккезе хӏинкъараб, росуго бахилаб, гӏелмуги бугеб гӏаданлъиги лъалеб ичӏго лъимер.\nХӏабиб ккола Гъоркьа Мигӏарсо росдал имамги будунги. Гьеб гьайбатаб хъизамалъе сундулъго тавпикъги гьарун, бокьун буго гьезие сайгъат гьабизе Шамил районалъул Гӏасаса Салихӏов Къурамухӏамадил назмуялдаса гьал рагӏаби:\nГӏагараб мацӏ гӏадин, гӏараб мацӏги лъан,\nГӏумру берцинлъарал диналъул хӏубал.\nКъуръанги хӏадисги бидулъги бессун,\nСабру хӏеренлъарал хӏайранал вацал.\nГьездаса мисал босун гӏумру гьабуни, щивав бусурманчиясул къавуде баракат щвела», — ян.\nБахиллъана дун Хӏабиб-хӏажил ва гьесул хъизан-кулпаталъул гӏумруялда, гьезул исламияб лъаялда, гьез гӏадамазе гьабулеб бугеб лъикӏлъиялда ва ракьалда тезе ругел гъваридал лъалкӏазда. Гьез ракӏалдещвезаруна машгьурав шагӏир Гӏадало Гӏалиевасул гьал рагӏабиги:\nБицунге гьереси, гьабуге квешлъи, —\nГьединаб букӏана дие тарбия.\nБицинчӏо гьереси, гьабичӏо квешлъи, —\nГьелъулъ буго къуват дир къисматалъул.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1170-magiarulaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1170-magiarulaj", "title": "Магӏарулай", "date": "2018-03-30 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Хьиндал ахикь гӏураб пихъ гьарзаяб гъветӏ\nМагӏарул кочӏол роценги, берцинлъиги, пасихӏлъиги цӏунарай кочӏохъан\nЧвахе, магӏарул кечӏ\nМагӏарул кечӏ-бакъан. Гьелъулъ бугебщинаб берцинлъи. Гӏажаибаб гугьаралъ гьелда базабун бугебщинаб нур. Хӏайранаб бакъаналда ахӏулеб хӏасратаб магӏарул кочӏолъ рессун руго рацӏцӏадал, цӏорорал иццазул чилиги, согӏал мугӏрузул тӏабигӏатги, мугӏрулгӏан тӏадегӏанал, кьварараб гӏамал-хасияталъул рокьулел магӏарулазул сипаталги. Гьелъухъ гьоболлъи бала гӏолохъанлъиялъул талихӏал лахӏзатазухъе тӏадруссине бокьарал ботӏрол рас хъахӏлъарал харабазги, гьанжего гьанже гӏищкъул асирлъуде ккарал гӏолилазги, магӏаруллъиялъухъ рокьи ккаразги. Унго-унгояб магӏарул кочӏоца битӏахъего гъаргъар базабула тӏолабго черхалда.\nЦӏияб гӏумруялде\nлъурал галаби\nРаисат Тажудинова. Гӏолохъанай кочӏохъан. Гьанжего гьанже магӏарул кочӏолаб маданияталде галаби тӏамулей йигей. Жийго гӏолохъанай йикӏаниги, гӏумруялъул хӏакъалъулъ пикраби цӏубарал руго Раисатил. Кочӏолаб маданияталда аслияблъун Раисатица рикӏкӏунеб буго магӏарул кочӏол берцинлъиги, хаслъиги, роценги цӏунун бажари.\n— Жакъа кочӏохъабазул буго захӏматаб гӏумру. Машгьурлъизе ккани, къваригӏунел руго спонсоралги. Гьел ругони, кечӏ ахӏизе кӏудияб махщелги къваригӏунеб гьечӏо. Дие гьедин бокьун гьечӏо. Бокьун буго бергьенлъаби дирго захӏматалдалъун росизе. Гьелъулъги дие чӏагояб мисаллъун ккола жиндир кочӏоца магӏарул маданият берцин гьабулей, Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Гӏайшат Тажудинова. Махщелчилъиялъулъ гьелъул нух ккун ани, ракӏчӏола дие битӏккеялда, — йилан абула Раисатица.\nТӏоцебесеб лъай-хъвай\nЛъиениги балъголъилъун кколаро, маршруткабазда рекӏиндал, гьенир жанир ахӏулел рукӏунел магӏна гьечӏел кучӏдул — «кодоре росизе гӏоркь гурел, гӏодор лъезе тӏину гурел». Рагӏабазухъ цӏакъго кӏвар кьун гӏенеккани, аскӏор гӏодор чӏараздаса нечон, ракьулъе тӏерхьун унел ругеб гӏадаб хӏалги лъугьуна.\nАмма цо къоялъ шагьаралъул маршруткаялда рекӏарай дида тохлъукьего рагӏана гӏажаибго берцинаб, рекӏелъе бортун унеб гьаракьалъ ахӏулеб кечӏ. Ахӏулеб кечӏ лъугӏизегӏан ана дун, маршруткаялдаги рекӏун. Цинги дица шоферасда гьикъана кечӏ лъица ахӏарабилан. Ва гьей ятана дирго ракьцояй Раисат Тажудинова. Тӏоцебе рагӏарабаго, асир гьаюна дун гӏолохъанай кочӏохъаналъул гьаркьица. Ва ракӏалде ккана гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе.\nГӏажаибаб кочӏолаб\nдунялалда гьоболлъухъ\nДица цее чӏезаюн йикӏаралдаса гӏадатияй ятана Раисат. Ахӏидал, гьей ячӏана газеталде гьоболлъухъе.\n— Ахӏеха, Раисат, биччай цо гьаракь, — илан абун бахъиналде, умумузул бакъаналда хӏасратго кечӏ ахӏана гьелъ.\nРаисат Тажудинова гьаюна Хунзахъ районалъул Коло росулъ. Гьитӏинго бижана магӏарул кечӏ-бакъаналде рокьи. Раисатил хъизамалда хасаб бакӏ кколаан магӏарул некӏсияб кочӏоцаги. Гьел ахӏула магӏарул кочӏол маданияталда гвангъараб нур рещтӏинабурай Раисатил ункъгӏал Гӏайшат Тажудиновалъги. Рагӏулаан гьел кочӏохъаналъул кӏудияв инсул ва кӏодоэбелалъул гъасдаги. Ва гьале гьанже гьеб пиша ирсалъе щун буго Раисатиеги.\nКочӏохъаналъул ракӏалдещвеяздаса\n— Дун эбел-инсуда цадахъ Москваялда йикӏана гӏумру гьабун. Цӏалулейги Москваялъул школалда йикӏана. Дагъистаналде ячӏана 11 классалда цӏализе. Дун гӏумруялъго налъулай йиго эменлъиги эбеллъиги дие гьабурай ункъгӏал Гӏайшат Тажудиновалъе. Гьелъул баракаталдалъун бижана дилъ магӏарул кочӏоде кӏудияб рокьи. Гьелъ малъанин абизе бегьула кечӏ ахӏизеги, ахӏулеб кочӏол адаб гьабизеги, гьелдаго цадахъ мугӏрузул ясалъул борхатаб намус цӏунизеги, — ян абуна Раисатица.\nШкола лъугӏун хадубги, Раисат эбел-инсухъе Москваялде тӏадюссана. Цӏализе лъугьана правовияб академиялде. Амма гӏолилалъул гьениб ракӏ сасунеб букӏинчӏо. Кочӏоде бугеб гӏищкъул куркьбаздаги рекӏун, Раисат цӏидасанги Дагъистаналде тӏадюссана.\nТӏоцебесеб роржен\nВа байбихьана гӏолилалъул цӏияб, творческияб гӏумру. Рагӏана магӏарулазда гӏолохъанай кочӏохъаналъул хӏасратаб гьаракь.\n— Ахӏулеб буго Раисат Тажудиновалъ — гьадинал лъазабияз чанго нухалда данде гьаруна магӏарулал.\n20 сон барай кочӏохъаналъ Муи Хӏасанова ракӏалдещвеялъе тӏобитӏараб республикаялъул фестивалалда Раисатица ахӏараб кочӏое тӏадегӏанаб къимат кьуна жюриялъул член, Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачевас:\n— Жакъа дида рагӏана гучаб гьаракь. Гьелъулъ бихьулеб буго магӏарул кочӏол цӏияб букӏинесеб. Магӏарул кочӏол роценги, берцинлъиги, пасихӏлъиги цӏунарай кочӏохъаналъ дун асир гьавуна, — ян абуна гьес, гӏолилалъул кочӏое къимат кьолаго.\nВа магӏарул музыкалияб маданияталде жание Раисат лъугьун ячӏана жиндирго хасал къагӏидабигун. Гьелъул тӏоцебесеб роржен батана икъбалаблъун.\nТӏоцересел бергьенлъаби\nДица тӏадехун рехсараб фестивалалда босараб бергьенлъиялъ кунчӏизабуна Раисатил саринал — гьез магӏарулазе кьезе байбихьана хинлъи. Гьел ихлъун рещтӏана гӏенеккаразул ракӏазулъ.\nАслияб къагӏидаялда Раисат Тажудиновалъ кучӏдул ахӏула Каримулагь Гӏабдулаевасул, Ахӏмад Гӏамирхановасул ва халкъиял бакъназда. Рукӏунаро гьелъул авторал гьечӏел рагӏабиги. Раисат заочно цӏалулей йиго ДГПУялъул музыкалияб факультеталда.\nКватӏичого, ай анкьабилеб апрелалда, кочӏохъаналъ Гьудуллъиялъул рокъоб кьезе буго тӏоцебесеб концертги.\nНух битӏаги дуе,\nРаисатил кечӏ\nРакӏчӏола кочӏохъан жинцаго тӏасабищараб нухккун инин цеехунилан. Гьейин абуни, гьабсагӏаталда йиго битӏараб нухда — магӏарулалъул сабруги, сценаялда йикӏа-яхъине лъайги, дурусаб магӏарул кечӏ-бакъанги. Гьеб кинабго цӏунизе кӏвани ва цогидалги гӏолохъанал кочӏохъабазе мисаллъун хутӏун бажарани, Раисат Тажудинова йикӏине йиго магӏарулазул йокьулей кочӏохъанлъун."}
{"slug": "1173-botsiikh-anl-i-akhikh-anl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1173-botsiikh-anl-i-akhikh-anl-i", "title": "Боцӏихъанлъи-ахихъанлъи", "date": "2018-03-30 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Дир захӏмат – дир магӏишат\nИнсуца малъараб гьабулев вукӏиналдаса лъикӏаб жо батуларо\nГьал къоязда ниж щвана Басрияб Миякьо росдада аскӏоб бугеб Буйнакск районалъул Басрияб Чӏикӏаб росдал гьитӏинабго хъутаналде. Гьениб Шагӏбан (эмен), Зугьра (эбел) ва вацал Хӏажимурадги Гӏабдулкъагьирги Къурбановазул хъизамалъул «Каир» фермеразулаб магӏишаталъул буго мокьрол ахалъул 1,5 гектар, ва гьез хьихьулеб буго 90 бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьездаса 10 бечӏчӏулеб гӏака). 9 класс лъугӏаралдаса нахъе, гӏияда хадувги хьвадун, цинги КамАЗ машинаялдаги хӏалтӏун, гьабсагӏаталда КФХялъул нухмалъулевлъун вугев Гӏабдулкъагьирилгун ккана нижер гара-чӏвариги.\n— Гӏабдулкъагьир, школалъул 9 класс гурони лъугӏичӏев мун, махщелги тӏасабищичӏого, мун гӏияхъанлъиялде, боцӏухъанлъиялде машгъуллъиялде гӏилла щиб ккараб?\n— Дида лъалеб мехалдаса нахъе, нижер рокъоса хӏайван камураб заман букӏинчӏо. Гьедин батилаха, гьитӏинго боцӏудехун дир рокьиги бижараб. Цӏалудехун киданиги гъира букӏинчӏо, кидаго ракӏцӏалаан техникаялде, гӏи-боцӏуде.\n— Гӏияде рокьи бугев дуде тӏаде ккун буго ахихъанлъиги…\n— 1995 соналда чӏана нижеца гьаниб 30 мокьрол гъветӏ, гьелъул кколеб хӏасилги бихьун, 2007 соналда гӏатӏид гьабуна ах. Захӏмалъулеб букӏана гӏи хьихьизе, дагьаб чӏалгӏунги букӏана. Гьединлъидал, гьебги тун, тӏадчӏей гьабуна чӏегӏербоцӏуда, кодобе босана ахихъанлъиялъул хӏалтӏиги.\n— Жакъа щиб хӏалтӏудаха нуж ругел?\n— Гъутӏбузда сверухъ бакӏ бухъана, рак лъуна, гьабсагӏаталда гьел кӏурулел руго.\n— Удобрение, ай химия гӏемер хӏалтӏизабулищ?\n— Гьеб хӏалтӏизабиялъе хӏажалъи букӏунаро. Нижерго боцӏул кигӏан бокьанаги рак бугелъул, гьелдаса босула пайда. Пихъ берцинлъиялъе, гьеб халатккун цӏунун хутӏиялъе нижеца щибго хӏалтӏизабуларо. Амма, чӏезабураб къадаралда рекъон загьру хӏалтӏизабичӏого кинго тӏубаларо, гьеб речӏчӏизабичӏони, пихъ лъугьинего лъугьунаро, хӏапаро-нацӏалъ, батӏи-батӏиял унтабаз хвезабула.\n— Гъоркьиса кигӏан микьир нужеца бакӏарараб, бигьалъанищ гьеб бичизе?\n— Гъоркьиса бакӏарана гӏага-шагарго микьго тонна. Гӏезабураб бичиялъулъ гьанжелъизегӏан щибго къварилъи букӏинчӏо. Гӏемерисеб бараб букӏуна мокьрол тайпаялда. Нижер руго гьелъул лъикӏал, цӏикӏкӏараб тӏалаб бугел, гӏадамазе рокьулел тайпаби – Багӏараб микьир, Хӏажимикьир, гьединлъидал микьир бичичӏого хутӏуларо. Рукӏуна, гьанире рачӏун, гьеб босулел гӏадамалги, нижецагоги кьола Хасавюрталъул базаразде. Гьаб буго хӏалтӏизе кколеб, хӏалтӏун хадуб хайир кьечӏого букӏунареб иш. Гьабсагӏаталда бугеб хӏалалда рекъон, гъутӏбузухъ балагьун, хадубккун цӏорой ккечӏого борчӏани, исана дагьабги лъикӏ букӏинин ккола пихъил бачӏин.\n— Цӏибил гӏезаби жеги пайдаяб гьечӏищ?\n— Цӏибил букӏуна аскӏоб бугеб Басрияб Миякьо росулъ. Нижер гьаниб гьеб дандекколаро, хӏанчӏаз толаро.\n— Микьир гӏезабиялда цадахъго нужеца хьихьулеб буго боцӏиги. Кин нужехъа гьеб бажарулеб, кин хӏадурулеб хӏажатаб къадар кӏалцӏи-хералъул?\n— Бегьилаан хӏалтӏухъаби кквезеги, амма гьел ккун хадуб, щиб хайир-пайдаха нижее букӏинеб, гьебги хӏисабалде босун, кинабго хӏалтӏи тӏубала нижецаго. Гьаниб аскӏобго буго росдал жамагӏаталъул ракь, гочинабулеб гӏи хьвадулеб нухалъул авал, боцӏи нижеца гъола гьенибе. Хасало къваригӏунеб харил ункъазаргогӏанасеб танг дица босула Бабаюрт районалдаса. Сезоналъул заманалда босун, рокъобе баччараб гьелъул цо танг чӏола 70 гъуршиде, сезоналъул ахиралде гьеб бахуна 100 гъуршиде. Лъагӏалие хӏажалъулеб хӏадурараб кӏалцӏул 40-гӏанасеб тонна (цо кило 7,20-7,30 гъуршиде) босула Доргъелиса.\n— Чӏагояб боцӏи, гьан кин бичулеб?\n— Чачаналъ рагъ бугел соназда, гьанире рачӏун, чачаназ босун унаан чӏагояб боцӏи. Гьанже хъураб боцӏул гьан нижеца кьола Гъизилюрт шагьаралда бугеб гьеб бичулеб тукаде (250 гъуруш кило хӏисаб гьабун)\n— Бечӏчӏараб рахьдада щибха гьабулеб?\n— Эбелалъ хӏан бахъула. Базаралде инецин кколаро, хӏалбихьарал, гьелъул къимат лъалел гӏадамал гьеб босизе рачӏуна рокъоре. Гьабсагӏаталда гьелъул килоялъул багьа буго 250 гъуруш, риидалил, кӏалцӏи-хер кьезе кколареб заманалда гьеб ккола 200-220 гъуршиде.\n— Дур хӏалбихьиялда рекъон, боцӏи хьихьийищ пайдаяб бугеб, пихъ, хасго микьир гӏезабийищ?\n— Цо соналда, микьир тӏегьараб заманалда, ккана цӏорой, гъутӏбузда тӏад щибго пихъ хутӏичӏо. Доб соналъ ахикьа бакӏарун батила 100 килограммгӏанасеб микьир, кьечӏо тӏокӏаб Аллагьас, кьечӏеб жо дицаги кисаха босилеб. Боцӏуде цӏикӏкӏун ругьунав вукӏиналъги батизе бегьула, гьеб хьихьи баракатаб бугин ккола дидаго.\n— Гьанжелъизегӏан къарзалъе пачалихъалъухъа гӏарацго босанищ?\n— Киданиги босичӏо, гьелда хадувги лъугьинчӏо, хӏалтӏулев чи гьелде регӏунги вукӏунаро. Гьеб щола ракьги боцӏиги гьечӏел, кагътида кинабго бугел, кабинетазде хьвадун ругьунал гӏадамазе.\n— Мун вуго гӏолохъанчи. Къасиги къадги хӏалхьи гьечӏеб гьаб хӏалтӏиги тун, шагьаралъул бацӏцӏадаб хӏалтӏуде лъугьине бокьилин абурал пикраби рачӏунарищ ботӏролъе?\n— Ботӏролъе гьединал пикрабиги рекӏелъе гьединал хиялалги рачӏунаро. Гьаб буго дие бокьулеб, дида лъалеб, дун бетӏергьанаб, дир захӏматалъ гьабулеб магӏишат.\nИнсуца гьабулеб батараб, инсуца малъараб гьабулев вукӏиналдаса лъикӏаб киб дида батилеб?\n— Дуе щун буго инсул ирс. Бокьилаанищ дур васасги гьабго нух тӏасабищизе?\n— Заманалъ жиндирабго босичӏого толаро, щиб гьес тӏасабищилебали лъаларо. Амма, эмен хӏисабалда, дие бокьилаан гьевги гьабго ишалда вукӏине.\nГара-чӏвари гьабуна\nГӏабаш Гӏабашиловас."}
{"slug": "1180-mustakhiik-ab-k-imatgi-kuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1180-mustakhiik-ab-k-imatgi-kuna", "title": "Мустахӏикъаб къиматги кьуна", "date": "2018-03-30 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалъул гӏахьалчагӏи\nЧачаналъул бетӏер Рамзан Къадировасул гьариялда рекъон, Россиялъул цогидал регионаздаса республикаялде вачӏун вуго хӏалтӏизе 500-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏурус мацӏалъул учитель. «Республикаялъул школазда гӏурус мацӏ малъиялъул иш тӏадегӏанаб даражаялде бахинабиялъул масъала тӏубана. Амма ниж хӏадур руго гьеб рахъалъ кумек гьабизе бокьарал учительзаби жеги къабул гьаризе», — ян абуна Чачан Республикаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Исмагӏил Байхановас. Аслияб къагӏидаялда учительзаби хӏалтӏулел руго росабазул школазда.\nАнлъабилеб тӏалаялда дандчӏвай\nМустахӏикъаб къиматги кьуна\nРедакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалъул гӏахьалчагӏи\nИсанаги къецал тӏоритӏана Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялда. Гьезулъ гӏахьаллъана батӏи-батӏиял районаздасаги шагьараздасаги 39 учитель. Гьезда гьоркьов вукӏана магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги 11 учительги. Редакциялде рачӏун рукӏана Болъихъ районалъул Кьохъ росдал школалдаса Гьадигат Хӏасановаги Гъуниб районалъул Хӏутниб росдал школалдаса Рамазан Гъазимухӏамадовги.\nКъецалда «Магӏарул мацӏ» номинациялда Гьадигат мустахӏикълъана лъабабилеб бакӏалъе. Къецалъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гьелъ: «Конкурсалъ дие гьабуна кӏудияб асар. Ракӏбухӏана гьанжелъизегӏан гьезулъ гӏахьаллъичӏолъиялдаса. Дие гӏемераб пайда щвана гьелдаса.\nКутакалда рази хутӏана хӏасилаздасаги. Исана тӏоцебесеб нухалда къецалда щвараб лъабабилеб бакӏ дица рикӏкӏуна тӏоцебесеблъун. Жюриги букӏана кутакалда сабруяб, киналго рахъалги рорцун, мустахӏикъаб къиматги кьуна гьез щивасул хӏаракаталъе.\nЛенинкенталдасаги шагьаралдасаги цӏалдохъаби рукӏана дир дарсида. Гьезги кумек гьабуна дие – лъикӏ жавабал кьуна. Жеги халатаб букӏарабани дарсилан ракӏалде ккеледухъ ана гьебги. Гьезул учительзабазеги буго кӏудияб баркала. Шагьаралда гӏолел лъималазе гьединаб даражаялда мацӏ малъизе бажари кӏудияб иш буго».\nШамай Хъазанбиева хӏалтӏулей йиго №11 гимназиялда. Гьелъ санайил кумек гьабула къецазул гӏахьалчагӏазе. Къецал гӏуцӏиялда бан гьаризе бегьулел хиса-басиязул хӏакъалъулъ бицунаго, Шамайица абуна: «Ленинкенталъул гимназиялъул учительница Гулишат Мухӏамадовалъ щибаб соналъ рачуна нижер гимназиялде цӏалдохъаби. Сундулъго кумекалъе ятула гьей. Нижер гимназиялъул администрациялъги кӏудияб кӏваркьола рахьдал мацӏал малъиялде.\nМагӏарул мацӏалде бугеб рокьи бихьизабуна учительзабаз. Гьезие бигьалъилаан, дагьабги лъикӏ мацӏ бицунел цӏалдохъаби дарсида рукӏаралани. Амма, дир пикруялда, рахьдал мацӏалъул конкурсалде учительзаби хӏадуриялде росабазул, районазул нухмалъиялъ кӏваркьолеб гьечӏо. Москваялдаги бергьенлъаби росизе бажарулел учительзаби руго нилъер. Жюриялъул гӏахьалчагӏи асир гьаруна Рамазан Гъазимухӏамадовас. Кӏиго соналъ гурони хӏалтӏулев гьечӏониги, гьесухъа бажарана жив унго-унгояв магӏаруллъи бокьулев учитель вукӏин бихьизабизе. Бокьана Чӏарада районалъул Кьорош росдал школалдаса Патӏимат Мухӏамадгӏалиевалъул дарсги. Кӏудияб хӏаракат бахъана Гьадигатицаги. Гьелъул букӏана лъималазулъ гъира ккезабулеб дарс. Дарсидаса къватӏире рачӏун хадуб цӏалдохъабаз дида абуна, тӏокӏалъ ячӏунарищ дой нижехъеян. Гьединал учительзаби гӏемер руго нилъер.\n11 учителасда гьоркьоса ичӏгояс кьуна адабияталъул дарс. Шагьаралъул школазда кӏалзул каламалъул цебетӏей абизегӏанасеб букӏунаро. Гьединлъидал гьезухъа бажаруларо адабияталъул дарсида учитель разияб хӏалалда, эркенго жаваб кьезе. Мацӏалъул дарс кьезе бигьалъилаан гьезие, дир пикруялда», — ян.\n«Адабияталъул дарсалдаса лъикӏаб рес щола учителасулги цӏалдохъабазулги гара-чӏвариялъе. Мацӏалъул дарсида, тӏадкъаял тӏуразарулаго, уна дарсил цӏикӏкӏарасеб заман. Адабияталъул ва мацӏалъул – батӏалъи гьечӏого – дарсида учителас бихьизабизе ккола гьанжесел технологияздаса жиндихъа пайда босун бажарулеблъи. Гьелъие цӏикӏкӏарал ресал кьола адабияталъул дарсалъ.\nШагьаралъул школазда цӏалулел руго, сверухъ рахьдал мацӏги рагӏуларого, батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабазул ригьнал ругел хъизамазда гӏолел лъимал. Гьезул рокъор эбел-эменги кӏалъаларо рахьдал мацӏалда. Гьединлъидал дида ракӏалде ккола, къецалъул дарсал кьезе рачине бегьилаанин районаздаса лъимал. Гьел рукӏине бегьула олимпиадабазда бергьарал цӏалдохъаби. Гьебмехалда цӏикӏкӏараб рес щвела учителасе жиндирго бажари бихьизабизе», — ян бицана Рамазаница. Гьесул пикруялда рекъон, буго цоги мурад росабалъа цӏалдохъаби рачиналъул: гьезда бихьилаан, росулъ гуребги, шагьаралдаги рахьдал мацӏалъул дарсалги тадбиралги рукӏунеллъи, бичӏчӏилаан болмацӏ кибго хӏажалъулеб букӏинги.\nГьебго пикруялда тӏадрекъана Шамайги. «Амма бегьилаан дарсазул темабазулъ хиса-баси гьабизе. Гьабсагӏаталда, къецалъул шартӏалда рекъон, учителас кьезе ккола программаялда рекъон, цӏалдохъабазда малъизе кколеб темаги хӏисабалде босун. Гьединлъидал санайилго рукӏуна цого темаби. Гӏенеккулеб жюриялъеги дарсида гӏахьаллъулел цӏалдохъабазеги чӏамучӏлъизехъин руго гьел дарсал», — ан абуна гьелъ.\nГьадигатица абуна, батӏи-батӏиял школаздаса цӏалдохъаби ракӏарун бажарулеб гьечӏони, учителасе рес кьезе бегьилаанин, жиндирго цӏалдохъабигун вачӏине. Амма къецалъул аслияб шартӏ буго цереккун рихьичӏел цӏалдохъабазе дарс кьей.\nКиназго абулеб букӏана, гӏолохъанав вугониги, кӏудияб гъираялда хӏалтӏулев учитель вугин Рамазанилан. Къецалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес: «№11 гимназиялда къецазде мухӏканго хӏадурлъун ругоан. Берцинго тӏоритӏана конкурс рагьиялъулги гьелъул хӏасилал гьариялъулги тадбирал. Киналго миллиял мацӏазда ахӏана гимназиялъул цӏалдохъабаз кучӏдул – гьелъ кӏудияб асар гьабуна нижее. Баркала буго, кӏиябго къоялъ дарсазда гӏодорчӏун, конкурсалъул гӏахьалчагӏазе кумек гьабурал учительзабазеги цӏалдохъабазеги. Дарсаздеги букӏана лъикӏаб хӏадурлъи.\nЩивав учителасул дарсихъги гӏенеккун, гьезие пайдаял малъа-хъваялги гьарун, берцинго хӏалтӏулеб букӏана жюриги. Гьезул хӏалтӏи, дир пикруялда, букӏана бищунго захӏматабги жавабчилъи цӏикӏкӏарабги», — ян.\nКагъат хӏалтӏизабизе бажарулес баллал ракӏарула\nКонкурсалъул гӏахьалчагӏи рази гьечӏоан учительзабазул хӏалтӏуе кьолеб къиматалдаса, ай харжал кьеялъул къагӏидаялдаса. «Дие расги рекӏее гӏоларо нижее харж кьолеб цӏияб къагӏида. Хӏалтӏул стажалъухъ балагьун харж кьолеб къагӏида ритӏухъаб букӏана. Кагъат хӏалтӏизабизе бажарулев чоде вахараб заман бугин абилаан дица гьанже. Методикаялда рекъезарун дарсил планалги хъван, гьелъие хӏажатаб материалги балагьун, хӏалтӏулев учитель бердаго вихьулев гьечӏо. Кагътида кинабго рекъезабун бажарулев учитель рецц-бакъалъе мустахӏикъавлъун рикӏкӏунев вуго. Цӏалдохъабазул лъаялъул даража борцунаро – киналъего къимат кьола, учителасул папкаялъур ругел кагътазул хӏисабги гьабун. Сон-церекъад школалде рачӏарал учительзаби руго, дидасаги цӏикӏкӏун харжги босун. Дораса-гьаниса конкурсазда гӏахьаллъанилан кагътида хӏалтӏиги рекъезабун, гьелги портфолиоялда жанире ракӏарун, дарс кьеялде кӏварги буссинабичӏого рукӏуна гьел», — ан бицана Гьадигатица.\nАмма киналго гӏолохъанал педагогал гьединал рукӏунареблъиялдаги мукӏурлъана гьей. «Нижер школалда хӏалтӏулев вуго ингилис мацӏалъул учитель. Гьес киназего кумекги гьабула, живгоги кӏудияб гъираялда дарсазде хӏадурлъула. Щибаб къецалда, олимпиадаялда цересел бакӏалги росула гьесул цӏалдохъабаз. Гьединал жигарал гӏолохъанал учительзабазе диралдасаги цӏикӏкӏун харж щвейги дида мекъи бихьуларо», — ян абуна гьелъ.\nХарж кьеялъул къагӏидаялда гуреб, учителасул намус-яхӏалда бараб бугин гьеб ишан бицана Рамазаница.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "1229-khalk-alda-g-orl-e-kkolev-vatichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1229-khalk-alda-g-orl-e-kkolev-vatichio", "title": "Халкъалда гъорлъе кколев ватичӏо", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гӏадамазе кумекалъе гурищ МФЦял рагьун ругел?\nГӏемер бицуна МФЦялъул хӏалтӏухъабаз гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Хасго районазда ругел хӏалтӏухъабазе кьола лъикӏаб къимат. Гьеб лъикӏги буго, щайгурелъул, нилъехъа нилъерго рокъор ругезулцин букӏине кколедухъ тӏалаб гьабун бажарулареб мехалда, тӏубараб халкъалъул ургъел гьабизе ккей, гьеб бигьаяб иш гурелъулха.\n«Epistulam non erubescit» (эпистулам нон эрубесцит) абун буго латиназул цо аби, ай магӏарул мацӏалда абуни «Кагътица щибго хӏехьола» абураб. Дун гуро, кагъат-къаламалъул ихтияр кодоб букӏунилан, бокьа-бокьараб хъвалев чи, хъваларо дидаго жаваб кьезе кӏолареб хӏужаялъул хӏакъалъулъги. Амма, дирго пикру загьир гьабичӏого, рекӏеда хӏунсараб къватӏибе рехичӏого, чӏезеги кӏоларо.\nГьайгьай, лъикӏаб хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьезеги, квеш хӏалтӏарал какизеги кӏвезе ккола нилъеда, гьурмахъ, хъулухъалъухъ балагьичӏого. Гьебги, хъулухъчиясул хӏалтӏуде гъирабазабиялъул ва гьев кантӏизавиялъул мурадалда, кинаб бугониги жахӏда рекӏелъе биччачӏого. Жиндир адресалда критика гьабулесулги щибго ракӏхвей букӏине ккеларо бугеб жо абунилан ва тадбирал гьаризе ккела рехсараб гӏунгутӏи тӏагӏинабиялъе, хадубккун биччангутӏиялъе гӏоло.\nЦо заманалда, гендерил тоннельги къан, рикӏкӏадасан сверизаруна шагьаралде-нахъе унел-рачӏунел гӏадамал. Амма цо хасал гӏадамазе гьелъул кӏудияб къварилъи букӏинчӏо, квалквал гьечӏого гьенисан унаан ва рачӏунаан. Гьеб заманалда хъван букӏана дица «Хӏакъикъат» газеталде «Гӏадамал цӏалкӏулеб цӏалкӏу» абураб асар. Гьединаб цӏалкӏуцин гуродай МФЦялъулазухъеги щварабилан ракӏалде ккезе бачӏана, гьез ургъел гьабулеб халкъалъул къапилаялде гъорлъе, щаялиго, дун кколев ватичӏеб мехалда ва щаклъизе бачӏунеб буго дун гӏадинал жеги ратизе бегьулеблъиялда. «Хӏакъикъат» газеталъул «Рекӏел ахӏи» рубрикаялда, «Киналъулго хӏалбихьана» абураб бетӏергун, бахъун букӏана (№37, 16.09.2016 с.) дир макъала. Гьениб хъваралъул хӏакъалъулъ кинабго такрар гьабиларо, рехсела цо-кӏиго мисал.\n«Поддержка начинающих фермеров на период 2015-2017 годы» абураб хӏукуматалъул программа лъие хӏалтӏулеб жояли лъазе бокьун. Росдал магӏишаталъул министерствоялдасан, лъикӏаланго квалквалаздаса хадуб, дагьабго квербазе бакӏги щун, документал хӏадуреян гьаригун щвана районалъул МФЦялде. Цӏадаса Хӏамзатица абухъе, «басиялъ гӏощтӏол гӏоркь хъублъун батана», ай «мохмохалда нах бахунеб» программа батана гьеб: цо чанго къоялдасан ахӏун бачӏана банкалъул счеталда миллион «Р» букӏине кколеб рагӏулин. Миллион кодоб букӏун хадуб гьезул кумекго щаяли бичӏчӏичӏо, лъаларо! Гьадинаб ахӏвал-хӏалалда рекъараб букӏинароандай хӏукуматалъул пуланаб яги рехсараб министерствоялъул пуланаб номералъул, пуланаб заманалда бахъараб хӏукмуялъул кьучӏалда, пуланаб къадар гӏарцул бетӏергьанлъун мун ватичӏони, дуе рехсараб кумек щоларин абун хъван кагъат битӏун, къваригӏел тӏубаян вачӏарасда лъазабизе, кӏал букъулеб бакӏги букӏунарелъул! Гьеб мехалда гьезул кумекалде хӏажатазда якъинго лъазе букӏанагури тӏалаб закониябищ яги, законалда тӏасан галиги бегьун, ургъун бахъарабищали.\nИгьелдерил ракьалда шагьранухлул рагӏаллъабазда рарал даран гьабулел ва квана-гьекъолел бакӏазул цонигияб букӏинчӏо умумуздаса ирсалъе щвараб, жалго бетӏергьанаб ракьалда бараб, нижер гурони. Гьел бакӏал разе байбихьилелдего кьуна документал МФЦялде, «зеленка» гьабизе абун камурал-тарал документалгун чанго нухалда щвана гьениве. Ахиралдаги гьадигӏанасеб гӏарац кьезе кколин, гьелда бан бугин кинабгоян абидал, кьуна гьебги, босана квитанцияги. Гьале 3-4 сон унеб буго, документ щоларого. Лъабго соналъ цебе, гьеб документ дихъе щвани, бахъизе бер кьелин абулелги рукӏана, дунгоги хӏинкъун вукӏана дун сабаблъун берги гьечӏого хутӏиладай цонигиявилан. Гьединги Вангада гуребги лъалеб букӏун буго балъголъи. Газеталда хъван бачӏиндалгӏаги цодагьаб шура-хъули лъугьине бегьулин букӏана пикру, амма… гӏурусаз абухъе – «Как об стенку горох». Дагьабги гӏажаиблъизе ккараб жо гьечӏищ: цоял рачӏуна рарал бакӏазул документилан, тӏад гӏакӏа къотӏизе лъугьуна. Цин ракьул документ гьечӏого рарал бакӏазул документ кин букӏинеб, гьаваялда рарал гьелги гьечӏелъул? Гьанже ракӏалде кколеб буго цощинаб, бетӏергьабаздасаги балъго, цониги хӏакимас документалги гьарун жиндиего босун бугодай гьеб мухъалъул ракь абун, гӏурумухъалъул кӏиябго рахъалда ругел ракьазе, цоги гӏадамазеги инкар гьабун бугелъулха гьеб документ гьабизе. Гурого, рехсараб документ гьабунгутӏизе щиб гӏилла бугебалигӏаги баян кьезе ккеларищ? Гӏадамаз минабиги разе байбихьун руго гьенир.\nКинабгӏаги жоялъул букӏуна кӏиго рахъ: авал-ахир, у-гуро, бихьана-бихьичӏо, рагӏана-рагӏичӏо, лъала-лъаларо, бажарула-бажаруларо ва гь. ц. «Tarcium non datur» абула латиналъ, ай лъабабилеб нух гьечӏо. Бачӏинахъего «гьаб нижер иш гуро», «гьеб нижехъа бажаруларо, яги бажарула, цӏараб болжалалда тӏубазе буго» абун абизе бигьаяб букӏинароандай, гьалщинал нерваби хвезаричӏого. «Босанищ тӏаде — тӏубазабе, кьунищ рагӏи – щулаго ккве» абун руго магӏарулазул гӏакъилал рагӏаби.\nЦебе кинаб бугониги идараялде бачӏараб кагъат, гӏарза яги газеталда бахъараб критикияб макъала, иш тӏадал гӏадамаз, ун бакӏалдегун, гъорлъе раккун, халгьабун, хӏакъикъат мухӏкан гьабун, иш роцӏинабиялъе тадбирал гьарулаан ва законалъ чӏезабураб болжалалда жавабги кьолаан. Гьелъ борхулаан живго нухмалъулесулги, гьес нухмалъи гьабулеб хъулухъалъулги къадру. Жакъа щибха камун бугеб? Гӏадамазухъ гӏенеккараб мехалда, бихьулеб буго гьезул цо-цоязул нухмалъулездаса тӏубанго ракӏбуссун букӏин, абураб, хъвараб жоялъги щибго пайда кьолеб гьечӏолъи. Чанго соналъ цебе районалда билълъанхъараб гӏадат букӏана зама-заманалда, щибаб отделалъул нухмалъулелгун росабалъе щун, жамагӏаталгун дандчӏван, гьезул гӏузрабазухъ гӏенеккун, бажарани бакӏалдаго мурад тӏубан, санагӏат ккечӏони, цадахъ хъван росун гьабулеб, хадубккун гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ гӏадамазе баянги кьолеб. Тӏубанго мурад тӏубачӏониги, гьеб букӏана жамагӏатал разияб хӏалтӏи.\nРукӏуна гӏадамал цо-цо хӏакимзабаз рикӏкӏунарел, гьезул «лъикӏаб бералда» рихьуларел, кинавго чи цого вукӏунарелъулха. Хӏалтӏиги хъулухъги заманалъул иш буго: жакъа – мун, метер – цогидав. Воре, магӏарулал, хъулухъалъе, гӏиси-бикъинаб дунялалъул боцӏуе гӏоло билизе тоге умумуз нилъее ирсалъе тараб иманги, намусги, гӏаданлъиги.\nГьаб накъиталъеги ахир лъезе бокьун буго латиназул цоги абиялдалъун: «Dum spiro-spero» («Чӏаго вукӏаго — хьул буго»). Бичӏчӏулесда бичӏчӏила.\nМагьди Гӏабдурахӏманов,\nИгьали росу"}
{"slug": "1230-millatal-ul-aslu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1230-millatal-ul-aslu", "title": "Миллаталъул аслу", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагьал церегӏан къояз Халкъияб Собраниялъ тӏобитӏана рахьдал мацӏазул суал борхараб данделъи\nРеспубликаялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовас Миллиял гьоркьорлъабазул рахъалъ комитеталда тӏадкъана Дагъистаналъул мацӏазул хӏакъалъулъ законалъул проект хӏадур гьабизе ва гьеб парламенталъул сессиялда гьоркьоб лъезе. Гьелъул бицун тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана республикаялъул парламенталъул депутатал, батӏи-батӏиял министерствабазул ва ведомствабазул вакилзаби, газетазул редакторзаби ва журналистал.\nХалкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ абуна республикаялда рахьдал мацӏал цӏуниялъул суал цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏараб бугилан.\n«Жакъа цӏалдохъабаз лъазабулеб буго ингилис ва цогидал къватӏисел пачалихъазул мацӏал. Амма гьебго заманалда дагьго гурони кӏвар кьолеб гьечӏо рахьдал мацӏазде. Мацӏал лъазариялда бараб буго миллияб культура цӏунун хутӏиги гьелъул цебетӏейги. Гьелъ кумек гьабула лъималазе тарбия кьезеги миллаталъул гӏадат-гӏамалал цӏунизеги», — ян абуна гьелъ.\nМиллиял ишазул министерствоялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана министрасул ишал тӏуралей Татьяна Гамалейица. «Миллияб мацӏалъ ва гьелъул маданияталъ бихьизабуларо миллияб хаслъи. Жеги чанги хаслъаби руго миллат бихьизабулел. Гӏадамал дагь-дагьккун шагьаразде гочунел руго, гьелъ квалквал гьабулеб буго мацӏал цӏуниялъе ва церетӏеялъе»,- ян абуна министралъ.\nГьеб суалалъул хӏакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна Халкъияб Собраниялъул депутат Хӏамидулагь Мухӏамадовасги. Гьес абуна цӏалул программаялда рекъон, рахьдал мацӏ малъизе кколин ва гьеб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабизе кколин. Гьес бицана дагьаб цебегӏан РФялъул Пачалихъияб Думаялда профильнияб комитеталъ улкаялъул регионазда рахьдал мацӏал цӏуниялъул суал борхун букӏиналъул ва гьеб суалалде Пачалихъияб Дума тӏадбуссине букӏиналъул.\nМацӏазул гӏалимчи Мухӏамад Мухӏамадовас бицана Дагъистаналъул мацӏазул тарихалъул ва гьелъул жакъа бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n«Нижеца цӏех-рех гьабуна Махӏачхъалаялъул лъималазда рахьдал мацӏ кинаб даражаялда лъалеб бугебали ва якъинлъана 90 процент лъималазда мацӏ лъалеб гьечӏолъи. Мацӏ лъалин рикӏкӏунезда гьоркьорги гӏемер руго литературияб мацӏ лъаларел. Гьединлъидал школазда рахьдал мацӏал малъизе рихьизарурал сагӏтазул къадар дагьабги цӏикӏкӏинабизе ккола», — ян абуна М. Мухӏамадовас.\nГьединабго пикру загьир гьабуна «Елдаш» газеталъул редактор Камил Гӏалиевасги.\n«Жакъа бищунго аслиял масъалабазул цояблъун нилъее ккола гӏолилазда рахьдал мацӏалъул бугеб кӏвар бичӏчӏизаби. Гьезулъги бижизабизе ккола мацӏ гьечӏони, миллат тӏагӏунин абураб пикру», — ян абуна гьес.\nДагъистаналъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас загьир гьабуна жакъа Дагъистаналъул жамгӏиятги, мацӏазда сверухъ бугеб ахӏвал -хӏалалда хадуб гӏицӏго халккун чӏун бугони ва хадубккунги гьелда сверухъ хӏалтӏи гьабичӏони, рес бугин къокъаб заманалда жаниб мацӏал тӏагӏинеян абураб пикру.\nДагъистаналъул халкъияй шагӏир Шейит-Ханум Алишевалъ бицана миллиял мацӏазда хъвадарулел гӏолилазул тӏахьал чӏорого риччаялде ва гьезие грантал кьеялде кӏварбуссинабизе ккеялъул. «Гӏолилазде буссинабураб гьединаб кӏваралъ рес кьезе буго миллияб адабият цебетӏеялъе», — ян абуна гьелъ.\n«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас ракӏунтун бицана рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул.\n«Къваригӏун буго лъималазул ахаздаса байбихьун рахьдал мацӏ малъиялде кӏвар кьезе, школазда рахьдал мацӏазул ЕГЭ тӏобитӏизе. Кӏвар кьезе ккола миллиял мацӏазда тӏахьал къватӏире риччаялде ва миллиял газет-журналазда хӏалтӏизе махщел тӏадегӏанал ва камилал кадраби хӏадур гьариялде. Цӏалул программабаздаги рахьдал мацӏал малъиялъул суал букӏине ккола тӏоцебесеб бакӏалда. Пачалихъалъулаб хъулухъалде хӏалтӏизе лъугьунев чиясухъаги экзамен босизе ккола рахьдал мацӏалъул. Гурони, кӏвезе гьечӏо мацӏал цӏунизе»,- ян абуна гьес.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1231-iolokh-anal-kh-vadarukh-abazul-kiiabileb-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1231-iolokh-anal-kh-vadarukh-abazul-kiiabileb-forum", "title": "Гӏолохъанал хъвадарухъабазул кӏиабилеб форум", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаналъул адабияталда цӏиял цӏарал\n27-28 марталда республикаялъул шагьараздаса ва районаздаса шагӏирзаби данделъун рукӏана Поэзиялъул театралда\nШигӏрабазул байрам байбихьана А. Пушкиние ва Р. Хӏамзатовасе театралъул азбаралда рарал памятниказда цере тӏугьдул лъеялдалъун. Дандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас.\n«Жакъа нилъ киналго данделъун руго Дагъистаналъул адабияталъул букӏинеселъул хӏакъалъулъ бицине. Дун цӏакъ вохарав вуго гӏолилазда гьоркьор рахьдал мацӏалда хъвадарулезул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналдаса. Нилъер киналго гӏелазул хъвадарухъабазул буго цо мурад: миллияб адабияталъул бакъул гвангъараб кунчӏи хадусел наслабазеги цӏуни. Нилъеца хъвалеб буго гӏаммаб тӏехь. Гьелда цӏарги буго — Дагъистан. Тӏохьол щибаб бутӏа ккола Дагъистаналъул мацӏазда хъварал асарал. Цогӏаги бутӏа гьениса камуни, кинабгӏаги тӏагӏамги букӏунаро. Жакъа нужеда, гӏолохъанал хъвадарухъабазда, цебе буго цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб масъала — нуж ккола нужерго миллаталъул матӏулъун ва нужехъе цӏунизе кьолеб буго нилъер гӏаммаб тӏехь»,- ан абуна гьес, гӏолилазде хитӏаб гьабулелъул.\nГӏолилазда шигӏрабазул байрам баркана Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулезги шагӏирзабазги. Гьез гӏолилазе цӏалана жидерго кучӏдулги. Хадуб хъвадарухъаби рикьана миллиял секциязде ва форумалъул хӏалтӏи тӏобитӏана Хъвадарухъабазул союзалда. Гьенирги шагӏирзабаз цӏалана жидерго асарал. Чӏахӏияб гӏелалъул хъвадарухъабаз гӏолилазе гьаруна малъа-хъваял, насихӏатал.\nФорумалъул кӏиабилеб къоги байбихьана Хъвадарухъабазул союзалда. Жигараб хӏалалда хӏалтӏана магӏарул мацӏалъул секцияги. Дандеруссиналда бищунго гӏемер рукӏана магӏарул хъвадарухъаби. Гӏолилаз цӏалана жидерго шигӏраби. Гьел ккола Хунзахъ районалдаса Индира Зубаирова ва Саида Мухӏумаева, Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Зайнаб Хӏажиева, Рамазан Халидов, Хӏамзат Сурхаев, Гъуниб районалъул Хӏутниб росулъа Рамазан Гъазимухӏамадов, Лаваша районалъул Урма росулъа Насихӏат Гӏабдурашидова, Шамил районалъул Зивури росулъа Патӏимат Мухӏамадова, Гӏахьвахъ районалдаса Мадина Нуцалханова ва цогидалги.\n… Цӏидасанги данделъана Поэзиялъул театралда. Цо нухалда гӏенеккана гӏолохъанал шагӏирзабазухъ. Гьенир кучӏдул цӏалана ва гӏолилазе нухбитӏиялъул рагӏаби абуна халкъиял шагӏирзаби Мухӏамад Хӏамзаевас, Аминат Гӏабдулманаповалъ, Бике Кулунчаковалъ. Гьединго форумалда кӏалъана щибаб мацӏалъул секциязул нухмалъулелги. Данделъиялъул ахиралда магӏарул мацӏалъул секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Патахӏовас грамотаби кьуна гӏолохъанал магӏарул шагӏирзабазе, Мухӏамад Ахӏмадовас дипломал ва тӏахьал кьуна батӏи-батиял миллатазул гӏолохъанал хъвадарухъабазе.\nХадурагӏи\nЩив чи кколев шагӏир? Гьайгьай, гьев вукӏине ккола лъиданиги релълъинчӏев. Кинабго: гӏамал-хасиятги, пикрабиги, рухӏияб дунялги, сипат-суратги, партал-магӏалги, сценаялда вукӏа-вахъине лъайги — букӏине ккола миллаталъул гӏадатаздеги, гӏамалаздеги, цӏаралдеги дандекколеб. Гурони, гьел къабул гьаризе гьечӏо гӏагараб халкъалъ. Гьезул гьаракь рагӏизе гьечӏо рорхатал мугӏрузда. Шагӏирасул гьаракьин абуни рокьул дандерижилъун гъугъазе ккола мугӏрузул тӏогьазда. Бокьилаан форумалда гӏахьаллъарал магӏарул гӏолохъанал шагӏирзабаздаги заманалдасан жидерго бакӏ батизе гӏагараб миллаталъул адабияталъул гъанситохъ. Кӏваги гьезда гьанжего гьанже кунчӏун бачӏунеб бугеб жидерго цӏваялъе гвангъи кьезе.\nЦоги, форумалда гӏахьаллъарал магӏарулаз цӏалана цохӏо кучӏдул. Цӏакъ бокьилаан гӏолилазул прозаялъухъги гӏенеккизе. Ратилагури гьезда гьоркьорги магӏарул адабияталда лъалкӏ тарал Муса Мухӏамадовги, Мухӏамад Сулимановги, Мухӏамад Шамхаловги ва цогидалги прозаиказул ирсилалги."}
{"slug": "1232-rakalda-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1232-rakalda-l-alkial", "title": "Ракьалда лъалкӏал", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Хӏалтӏулъ батана талихӏ\nЖакъа республикаялъе чара гьечӏого хӏажат руго Дибировал гӏадинал\nнухмалъулелги тохтурзабиги\nКигӏан лъикӏав тохтур вугониги, бокьарав тохтурасухъа гуро бажарулеб больницаялъе нухмалъи гьабун. Гьединасул букӏине ккола камилаб гӏакълуги, кьварараб гӏамал-хасиятги, цогидаздаса тӏокӏаб кӏваркьейги, сабурги, жавабчилъиги. Бетӏерав тохтур вукӏине ккола жиндирго ишалъе ракӏ-ракӏалъ ритӏухъав, тохтурасул хӏалтӏул бугеб кӏвар бичӏчӏулев, захӏмалъабаздаса хӏинкъуларев чи. Дир пикруялда, гьединав нухмалъулевлъун рикӏкӏине бегьула хирург Дибиров Гӏабдурахӏим. Гьев ккола Лак районалъул Хути росулъа. Гьавуна 1962 соналда Москваялда, машгьурав гӏалимчи, цаби-гӏусазул тохтур Дибир Дибировасул хъизамалда. Гьесул жигаралдалъун рагьана Дагъистаналъул мединституталда стоматологияб факультет. Дибирги хӏалтӏана гьенив гӏемерал соназ преподавательлъун.\nШколалда Гӏабдурахӏим рикӏкӏунаан мисалияв цӏалдохъанлъун, гьесие рокьулел дарсал рукӏана математика, физика ва ингилис мацӏ. Гьел предметазул олимпиадабазда призалъулал бакӏалги росулаан гьес. Дибиров машгъуллъун вукӏана спорталдеги, шагьаралда ва республикаялда тӏоритӏулел тӏадагьаб атлетикаялъул рахъалъ къецазда чӏелал росулаан гьес.\n1979 соналда Дибиров цӏализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталъул лечебнияб факультеталде. Институталдаги гьев машгъуллъун вукӏана жамгӏияб ва гӏелмияб хӏалтӏабазде. Гьесда тӏадкъан букӏана профессор М. Арбулиевасул урологиялъул цӏех-рехазул студентазул гӏелмияб кружокалъул жавабчиясул хӏалтӏи.\nГӏабдурахӏимица жакъаги кӏудияб адабгун ракӏалдещвезарула жиндир рукӏарал преподавательзаби: профессорал А. Хӏамидов, Р. Мажидов, Тӏ. Тӏалхӏат, доцент Ю. Куликов ва цогидалги. «Дур бетӏер цӏодораб буго, берал гӏолохъанал, кверал къуватал руго, бажарула», — янги абун, тӏамуна гьев Ю. Куликовас тӏоцебесеб операция гьабизеги. Операция лъугӏун хадуб, гъажалда кверги лъун, гьес абуна: «Хӏалчӏахъад, кверал сородичӏо, дур лъикӏав хирург вахъина», — ян.\nБагӏараб дипломалда институт лъугӏидал, Гӏабдурахӏим витӏана Грозный шагьаралъул №4 больницаялда хӏалтӏизе. Гьениб гьесул гьудуллъи ккана Гӏандиса хирург Багьавудин Гӏалиевасулгун. «Гьес ругьун гьавуна дун хирургасул махщалида ва рагьана гьелъул балъголъаби. Лъимадуе гьабураб цо операциялдаса хадуб, «хӏалчӏахъадинги» абун, гьес кьураб къимат дие гӏумруялъго хутӏана бищунго тӏадегӏанаб шапакъатлъун», — ан бицана Дибировас, гьудулги ракӏалдещвезавун.\nГрозныялдаса хадуб Гӏабдурахӏим ункъо соналъ хӏалтӏана Гудермес шагьаралъул больницаялда. Гьениб камиллъана гьесул махщелги. Бицараб ритӏухъ гьабизелъун, гьес цо гьадинаб мисалги бачана. «Тӏоцебесеб маялъул къо букӏана. Киналго тохтурзаби ун рукӏана къадаралде щварав пишацояв вукъизе. Дун вукӏана больницаялда хутӏарав хирург. Анлъго сон барав васасул беццаб бакьалъе операция гьабулев вукӏана. Циндаго рагӏана милициялъул машинабазул сирена, машинабазул сигналал, гӏодулезул гьаркьал, ахӏи-хӏур. Больницаялде вачун вачӏана авариялде ккарав чанго чи. Дица хӏукму гьабуна гьабизе байбихьун букӏараб операция нахъбахъизе, Аллагьасе рецц, васасул гӏумруялъе щибго хӏинкъи букӏинчӏо. Авариялде ккарал гъура-чункун рукӏана. Къокъго абуни, дихъа бажарана лъабго чи хвалдаса хвасар гьавун. Гьеб букӏана дир бергьенлъи ва бажари, добги букӏана дунго дидасаго чӏухӏараб къо», — ян.\n23 соналъ (1990-2013) Дибиров хӏалтӏана И. Пироговасул цӏаралда бугеб Москва шагьаралъул тӏоцебесеб больницаялда кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун ва хирурглъун. Гъваридаб лъаялъул, хирурглъиялъул лъикӏаб махщалил, аслияб жо, берцинаб гӏамал-хасияталъул инсан Гӏабдурахӏим вукӏана киназго адаб гьабулев тохтур. «Нижер хехаб кумек» абураб тӏокӏцӏарцин рекӏун букӏана гьесда. Миллат цӏехечӏого, щоле-толеб жоялъухъ балагьичӏого, гьес киназего кумек гьабулаан. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. «1993 соналъул 31 декабралда гьесухъе ахӏун бачӏана ЧРялъул сахлъицӏуниялъул министр Муса Ахӏмадовас. Гьес абуна, хъачагъазул гуллица захӏматго лъукъун вугила Къадировасул охранник, хӏажат бугила хехаб кумек. Гьес кинабго жавабчилъи жиндего тӏаде босана, лъукъарав И. Пироговасул больницаялда лъуна, операция гьабизе махщел бугел хирургал ахӏана. Палхӏасил, лъукъарав хвалил квачӏикьа вахъана».\n2013 соналда Дибиров Дагъистаналде тӏадвуссине ккана, захӏматго унтарав инсуе хӏажат букӏана гьесул кумек. Заманалдасан, республикаялъул сахлъицӏуниялъул министр Танка Ибрагьимовас гьесда гьарана Гъумекиб росдал больницаялъул бетӏерав тохтурасул хӏалтӏи тӏаде босеян. Гӏабдурахӏимица бицухъе, Гъумекиб ратана ремонт гьабураб сон кӏочараб мина ва кабинетал, басралъарал алатал, лъай-махщел камил гьабизе кколеблъи кӏочарал медицинаялъул хӏалтӏухъаби… Лъагӏелгун бащдаб заманалда жаниб кьучӏдасанго хисана больницаялъул куц-мухъ. Бетӏерав тохтурасул тӏалабал тӏуразарун бажаричӏого, лъай-махщел мукъсанал тохтурзаби ва медсестраби жалго хӏалтӏудаса нахъе ана. Гьезул бакӏалде росана Россиялъул медицинаялъул центразда ва Махӏачхъалаялъул больницабазда хӏалтӏулел рукӏарал тохтурзаби: хирург, педиатр, травматолог, невролог, кардиолог, тохтур-лаборант. Жакъа больница хьезабун буго гьаб заманалъул медицинаялъул алатаздалъун, тохтурзабазе чӏезарун руго тахшагьаралдаго гӏадал шартӏал. Тӏадегӏанаб технологиялъул операция гьабизе гурони, жакъа Лак районалдаса унтарав Махӏачхъалаялде вачӏине кколаро.\nЛак районалъул жамагӏаталъги ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъги бетӏерав тохтурасул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьуна. Гьелъги батила, 2017 соналда Танка Ибрагьимовас Гӏабдурахӏимида гьарараб, Каспийск шагьаралъул больницаялда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал хӏехьезе бегьиялдаса ун бугин, гьеб «сахгьабиялъул» иш тӏаде босеян.\nКаспийск шагьаралъул больницаялда хӏалтӏулев вуго 1500 чи, гьездаго гьоркьов 311 тохтурги. Больницаялда цебе бугеб поликлиникаялъул рес буго къойида жаниб 1200 унтарав къабул гьавизе. Гӏабдурахӏимица бицана: «Гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал доб Гъумекиб росдал больница кӏочараб батана. Божизе захӏмат букӏана шагьаралъул больница гьадинаб хӏалалде ккун батиялда. Больницаялъул цо-цо бакӏал риххун унел руго, хӏажатханабаздаса бачӏунеб лъим гьелъулго ракьалде чвахулеб буго, котельная хӏалтӏулебго гьечӏо. Гьаниб гӏураб къадаралда гьечӏо я гьабзаманалъул медицинаялъул алатал, я лъай-махщел бугел хӏалтӏухъаби. Лъагӏелгун бащдаб заманалда жаниб Каспийск шагьаралъул больница бищун лъикӏазул цояблъун гьабизе рагӏи кьуна дица министрасе. Жакъа нижее чара гьечӏого къваригӏун руго лапороскопияб методика лъалел хирургал, тӏадегӏанаб лъаялъул чанго эндоскопист, бидурихьазул хирургал, операция гьабулел ортопедал ва травматологал, хӏалбихьи бугел кардиологал, УЗИялъул специалистал, тохтурзаби-лаборантал. Нахътӏамун течӏого, ремонт гьабизе кколеб хӏалалда буго лъимал гьарулеб ва туберкулез сахгьабулел отделениял, лъималазул поликлиника. Больницаялда хадуб буго 70 миллион гъуршил налъи. Масъалаби руго, амма нижер ресалги хӏалтӏизе бугеб гъира-жанги кумекалъеги ахӏун, гьел нижеца къокъаб болжалалда тӏуразарила», — ян.\nГӏабдурахӏимил хъизан-лъималги руго цоцалъ рекъарал, гӏадамазе ва пачалихъалъе пайдаял. Кӏудияй яс Тамара ккола лор-тохтур. Хадусей яс Сунна ккола педиатр-иммунолог, хӏалтӏулей йиго Москваялъул Д. Рогачевасул цӏаралда бугеб медицинаялъул централда, вас Ибрагьимбег школалда цӏалулев вуго.\nЖиндирго аслияб хӏалтӏуда цадахъ Дибировас гьабула жамгӏияб хӏалтӏиги. Гьев ккола «Гъази-Гъумек» жамгӏияб фонд гӏуцӏаразул цоявги.\nЖакъа Дагъистаналъул медицинаялъе цӏакъ хӏажат руго Дибировал гӏадинал нухмалъулелги тохтурзабиги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1233-tiakhazul-bajramalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1233-tiakhazul-bajramalda", "title": "Тӏахьазул байрамалда", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Дуца гьудуллъун ккве квер гӏатӏидаб тӏехь…\n«Хӏикматаб улкаялде» сапар бухьана лъималаз\nБайрамалъул тарихалдаса\n1943 сон. Рагъул кӏкӏуйдулъ босараб гӏагараб Ватӏан. Чӏахӏиязе кумекалъе гьезул хьолбохъ эхетарал лъимал. Москваялъул лъималазги гьабулаан кумек лъукъаразда хадуб хъулухъ гьабизеги, цӏаял свинаризеги, щулалъаби разеги. Лъималазул шагӏир Л. А. Кассилида ракӏалде ккана гьел лъималазе тӏахьазул байрам тӏобитӏизе. Лъималгун дандчӏвазе рачӏун рукӏана Самуил Маршак, Корней Чуковский, Лев Кассиль.\nГьеб гӏадатги хвезе течӏого, улкаялда санайил, ихдалил каникулазда, тӏобитӏула тӏахьазул байрам. Марталъул ахирисел къоязда Махӏачхъалаялда бугеб Ясикӏабазул театралдаги тӏобитӏана гьеб. Театралъул жанахӏалъуб рагьун букӏана «Тӏахьазул улка — гьеб букӏин лъикӏ буго» абураб цӏаралда гъоркь выставка. Республикаялъул Н. Юсуповасул цӏаралда бугеб лъималазул библиотекаялъул директор С. Загьидовалъ лъималазе бицана библиотекаялда тӏоритӏулел ругел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьединго лъималазда тӏахьазул анкь рагьи баркана шагӏирзабазги, хъвадарухъабазги, учительзабазги. Байрамалъул ахиралда Ясикӏабазул театралъул артистаз бихьизабуна «Айболит» абураб спектакльги. Тадбирал тӏоритӏана республикаялъулаб лъималазул библиотекаялда.\n26 март\nГӏисинал классазул цӏалдохъабазе гьеб къоялъ каваби рагьана «Лъикӏлъиялъул улкаялъ». Гьелгун дандчӏвазе рачӏун рукӏана тӏахьазул авторал. Гьез лъималазе бицана жидерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ ва лъимал ахӏана кидаго лъикӏлъи гьабизе.\nЧӏахӏиял классазул цӏалдохъабаз сапар бухьана Хӏамзатил Расулил шигӏрабазул улкаялде. Гьез цӏалана ва рикӏкӏана шагӏирасул кучӏдул.\n27 март\nГьеб къоялъ гӏисинал цӏалдолез гьоболлъи бана гӏурус хъвадарухъан С. Михалковасул асаразухъ. Лъималазда бихьизабуна хъвадарухъанасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб фильмги.\nЧӏахӏиял классазул цӏалдохъабаз гьеб къо сайгъат гьабуна Дагъистаналъе. Гьез бицана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ, бихьизабуна гӏагараб ракьалъул хӏакъалъулъ жидеда гӏемераб жо лъалеб букӏин.\n28 март\nЦӏалдохъабазул гӏисинаб къокъаялъ байрамалъул гьеб къо сайгъат гьабун букӏана маргьабазе. Аваданаб хӏухьбахъи гьабуна лъималаз.\nЧӏахӏиял классазул цӏалдохъабазул церерахъин сайгъат гьабун букӏана гӏурус хъвадарухъан А. М. Горькиясе. Гьез цӏалана хъвадарухъанасул асараздаса кескал, бицана гьесул гӏумруялъул хӏакъалъулъ.\n29 март\nТӏахьазул байрамалъул гьеб къо сайгъат гьабун букӏана экологиялъе. Лъималазда гьоркьоб тӏобитӏана тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ викторина, экологияб лъай борцунел батӏи-батӏиял хӏаял, чӏвана бицанкӏаби.\n30 март\nГӏисинал цӏалдохъабазе бицана «Мультипликация» абураб хӏикматаб улкаялъул хӏакъалъулъ. Гьез сапар бухьана гьеб улкаялде, «дандчӏвана» рокьулел мультфильмазул багьадурзабигун. Гьединго балагьана чанго мультфильмалъухъги. Чӏахӏиял цӏалдохъабазул къокъаялъ сапар бухьана «Фантазия» абураб маргьадал улкаялде. Гьединго гьез рихьизаруна ихдалил тӏабигӏаталъул берцинлъи загьир гьабулел тӏагӏелал хӏадур гьариялъул мастер-классалги. Щуябго къоялъ лъималгун цадахъ сапаралда рукӏана библиотекаялъул директор Салтанат Загьидоваги, отделазул нухмалъулел Насихӏат Мухӏамадоваги Елена Кудатинаги."}
{"slug": "1234-l-ani-zaral-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1234-l-ani-zaral-gechio", "title": "Лъани зарал гьечӏо", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Апрель моцӏ\n1725 соналъул апрелалда шамхал Гӏадил-Гирей Россиялде данде вахъана ва гӏахъущгун цадахъ «Аграханский» абулеб хъалаялде тӏаде кӏанцӏана.\n1803 соналъул апрелалда аваразул ханлъи Россиялъул кверщаликье ккана.\n1843 соналъул апрелалда Шамил-имамас, киналго наибзабиги, дибирзабиги, къадизабиги ракӏарун, гьезул букӏине кколеб мутӏигӏлъи гьечӏилан бадибчӏвайги гьабун, лъазабуна жинца имамлъиялдаса инкар гьабулеб бугилан.\n1846 соналъул апрелалда Шамил-имамас кӏудияб чабхъен гьабуна Кабардаялде. Гьес цебе лъураб масъала букӏана Кабардаги Чергесияги имаматалде гъорлъе рачин.\n1860 соналъул апрелалда Кавказалъул бетӏерас «Дагъистан областалъе ва Закатала округалъе нухмалъи гьабулеб къагӏида» тасдикъ гьабуна.\n1892 соналъул апрелалда гьанжесеб Махӏачхъалаялда «Анжи-гор» абулеб борхалъиялда хӏалтӏизе биччана гумузе нух бихьизабулеб маяк.\n1900 соналъул 18 апрелалда Дербент шагьаралда гьавуна композитор, РСФСРалъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Сталинил цӏаралда бугеб премиялъул кӏицӏул лауреат Готфрид (Жабрагӏил) Хӏасанов.\n1910 соналъул 14 апрелалда Дарги округалъул Хӏапшима росулъ гьавуна тарихчи, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, Дагъистаналъул халкъияб лъайкьеялъул вукӏарав комиссар, ДАССРалъул Верховный Советалъул председателасул заместитель, Россиялъул мустахӏикъав гӏелмияв хӏаракатчи Расул Мухӏамадович Мухӏамадов.\n1910 соналъул апрелалда Россиялъул армиялъул поручик ва тӏоцересел летчиказул цояв Петр Нестеровас, Порт-Петровскалда (Махӏачхъала), хъизамгун цадахъ хӏухьбахъи гьабулеб заманалда, ургъана гьелде щвезегӏан букӏинчӏеб самолет, ва лъабго соналдасан гьес Киевалъул зодоб гьеб самолеталда гьабуна «хвараб кӏичӏ» (мертвая петля) абураб гьунар.\n1925 соналъул апрелалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Тӏолгодагъистаналъул советазул V съезд.\n1927 соналъул 5 апрелалда Тӏолгодагъистаналъул советазул VI съездалда къабул гьабуна Дагъистаналъул кӏиабилеб Конституция.\n1932 соналъул 22 апрелалда Дахадаев районалъул Дибгаши росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, драматург Сулейман Рабаданов.\n1932 соналъул 27 апрелалда Махӏачхъалаялда, тӏобитӏана Дагъистаналда культурияб гӏуцӏиялъул суалгун культураялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул тӏоцебесеб съезд.\n1934 соналъул апрелалда ВКП(б) ялъул Дагъобкомалъул бюроялъ хӏукму гьабуна 1934 соналъул 15 июналда советиял хъвадарухъабазул Тӏолгодагъистаналъул съезд ахӏизе.\n1936 соналъул апрелалда Дагъистаналда борлъана сордо-къоялда жаниб 250 тонна нартил бахъулеб буругъ.\n1938 соналъул 11 апрелалда Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, республикаялъул С. Агъабабовасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Мухӏамад Абакаров.\n1938 соналъул 22 апрелалда Буйнакск районалъул Гъоркьа Гъазданущив гьавуна Дагъистаналъул гӏелмабазул миллияб академиялъул член, гӏелмияв хӏаракатчи, профессор Хӏамид Бучаев.\n1940 соналъул 26 апрелалда гьавуна «Лезгинка» ансамбль гӏуцӏарав Россиялъул халкъияв артист Танхо Израилов.\n1942 соналъул 22 апрелалда Советский (Шамил) районалъул Ракьуб росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб магӏарул музыкалиябгун драмаялъулаб театралъул художествияб нухмалъулев, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Хӏайбула Гӏабдулгъапуров.\n1955 соналъул апрелалда Дагъистаналда гӏуцӏана «Къуватаб къокъа» абураб Северияб Кавказалда тӏоцебесеб Композиторазул союз. Гьелде гъорлъе унаан ункъо композитор: Готфрид Хӏасанов, Сергей Агъабабов, Наби Дагиров ва Мурад Кажлаев.\n1961 соналъул 23 апрелалда гьавуна 2007-2013 соназда Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместительлъун вукӏарав, Россиялъул Северияб Кавказалъул ишазул министрасул гӏакълучи Ризван Гъазимухӏамадов.\n1961 соналъул 28 апрелалда Буйнакск шагьаралда гьавуна Дагъистаналда бугеб федералияб казначействоялъул нухмалъулев Сайгидхӏусен Мухӏамадов.\n1963 соналъул 21 апрелалда «Рорхатал цӏваби» абураб тӏехьалъухъ Расул Хӏамзатовасе кьуна Ленинилаб премия.\n1991 соналъул 26 апрелалда къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал халкъал ритӏухъ гьариялъул хӏакъалъулъ» РСФСРалъул закон.\n2005 соналъул 28 апрелалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул XV съезд. Съездалда союзалъул председательлъун нахъеги вищана Гӏали Камалов.\n2006 соналъул 28 апрелалда Дагъистаналъул президент Мухӏу Гӏалиев Москваялда дандчӏвана нилъер республикаялдаса бизнесменалгун.\n2006 соналъул 17 апрелалда Дагъистаналъул президент Мухӏу Гӏалиевас гъолбасана республикаялда лъималазул ихтиярал цӏунулев вакиласул хъулухъ букӏинабиялъул хӏакъалъулъ указалда гъоркь.\n2007 соналъул 30 апрелалда Санкт-Петербургалъул Смольниялда ДРялъул президент Мухӏу Гӏалиевас ва гьеб шагьаралъул губернатор Валентина Матвиенкоца гъолбасана Дагъистан Республикаялда ва Санкт-Пертербургалда гьоркьоб 2007-2011 соназда экономикиябгун культурияб ва гӏелмияб цадахърекъон иш гьабиялъул къотӏи-къаялда гъоркь.\n***\nХалкъазда гьоркьосеб календарь\n30 март — 7 апрель\nБищунго кӏвар бугезул цояблъун кколеб жугьутӏазул Пейсах байрам. Гьеб бухьараб буго Египеталъул лагълъиялдаса рорчӏиялда. Гьел къояз кӏодо гьабула жугьутӏал хасаб халкълъун лъугьин.\n1 апрель\nРицӏцӏигъотӏол гьатӏан\nГӏиса авараг, хӏамидаги рекӏун, Иерусалималде жаниве лъугьараб къо. Хӏама кколаан ракълилаб гӏаламатлъун. Гьеб ккола насраниязул Пасха байрамалда цебесеб анкьалъул къоги. Гӏадамаз гьесда дандчӏвай гьабуна рохалилаб ахӏвал-хӏалалда. Гьезул хьул букӏана гьес Гӏизраилалъул халкъалъул тушбабаздаса рецӏел босилин. Амма Гӏиса аварагас гьеб божилъи ритӏухъ гьабичӏеб мехалда, халкъ гьесде дандечӏана.\nГӏадаталда рекъон, насранияз гьеб къоялъ рицӏцӏигъотӏол гӏаркьалабазул квацӏаби гьарула ва рокъор цӏунун тола тӏубараб лъагӏалица.\n1 апрель\nПасха (Григорианил календаралда рекъон)\nНасраниязул байрам. Гьеб къоялъ хъизамалъул киналго чагӏи данделъула ва гӏодор чӏола байрамалде дандекколел тӏагӏамал тӏад лъураб столалда нахъа. Щибаб улкаялъул жинди-жиндир гӏадаталги руго. Масала, Германиялда гьеб байрамалъул гӏаламатлъун ккола гӏанкӏ ва ханал. Польшаялда байрам кӏодо гьабула кӏиго къоялъ: гьатӏаналъги итниялъги. Гьатӏаналда хадуб букӏунеб «биччараб итниялъ» полякалъулаз цоцазде лъим тӏола. Лъим — гьеб кколеб буго сахлъиялъул, икъбалалъул гӏаламатлъун.\n2 апрель\nРоссиялъулги Белоруссиялъулги халкъазул цолъиялъул къо.\n1996 соналъул гьеб къоялъ кӏиябго пачалихъалъул бутӏруз гъолбасана Белоруссиялъулги Россиялъулги союз гӏуцӏиялъул къотӏи-къаялда.\n5 апрель\nКӏудияб Хамиз яги бацӏцӏадаб Хамиз.\nГьебги ккола насраниязул байрам — кӏалкколеб моцӏалъул ахирисеб анкь. Абула гьеб къоялдаса нахъе байбихьанила гьарурал мунагьазухъ Аллагьас гӏадамазе тамихӏ гьабизе. Гьеб къоялъ ракӏалдещвезабула Балъгояб дандеруссинги — жиндирго цӏалдохъабигун цадахъ Гӏиса авараг къасикванил заманалда Пасхаялъул тӏоцебесеб къоялъ гӏодов чӏей. Гьебго сордоялъ Ягьудав хилиплъун вуго Гӏиса аварагасе. Гьеб къоялъ Гӏиса аварагас гӏадамазда бихьизабун буго гьел мунагьаздаса цӏунулеб битӏараб нух. Гьединаб къолъун кколеб буго Кӏудияб Хамиз — Пасхаялда цебесеб къоялъ килисаялде уна насраниял ва жалго рацӏцӏад гьарула гьарурал мунагьаздаса.\n5 апрель\nХансик (хварал умумул ракӏалдещвезариялъул къо).\nГӏадаталда рекъон, насраниял уна хабалазде, хобал рацӏцӏад гьурула, рищни-къул бакӏарула, гьеб къоялъ ине рес ккечӏел нахъисеб къоялъги уна. Цо-цояз гьелда «цӏорораб кванил къойиланги» абула — цӏаги бакун, квен гьабулеб гьечӏо гьеб къоялъ.\n5 апрель\nГъутӏби чӏолеб къо.\nКореялъул хӏукуматалъ чӏезабураб гьеб къоялъул магӏна букӏана рохьал цӏигьари. Гьеб къоги Хансик байрамги цого къоялъ рукӏиндал батила, хабалазда гъутӏби чӏолел гӏадамал гӏемер рукӏуна.\n6 апрель\nКӏудияб рузман\nГьеб къоялъ насранияз ракӏалдещвезарула Гӏиса авараг Гефсиманалъул ахикь жанив тӏами, Пилатил суд, Гӏиса аварагасул гӏумру ва хвел. Гьеб къоялъ насраниязул цо-цояз щибго кунаро ва гьекъоларо."}
{"slug": "1248-k-ets", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1248-k-ets", "title": "Къец", "date": "2018-04-06 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьудуллъи-вацлъиялъулъ букӏуна талихӏ\nДие бицине бокьун буго нижее хирияв, гӏумруялъул кӏудияб хӏалбихьи бугев, сундулъго роцен лъалев, рекӏее асар гьабуледухъ кинабго загьир гьабизе бажарулев кӏудадаца бицараб, гьаб гӏумруялда нижее загьирлъулебги бугеб Лаваша районалъул Хъуппа росулъа Абакаровазулги нижерги хъизамалъул бугеб кӏудияб вацлъиялъулги цоцазул гьабулеб адаб-хъатиралъулги хӏакъалъулъ.\nНижер хъизамалъ, Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъа гочун, Шамхалалда гӏумру гьабулеб буго 2002 соналдаса нахъе. Нижер кӏудада гьенив лъала Асадулагь Шариповичилан абун. Гьесул хӏурмат гьабула тӏолазго. Исана, ай 2018 соналъул августалда тӏобитӏизе буго кӏудадаца 80 сон тӏубаялъул хӏурматалда тадбирги. Гьев 54 соналъ хӏалтӏана батӏи-батӏиял бакӏазда, гьанже хӏалхьиялда вуго. Хӏалхьуда вугониги, гьев вищун вуго Жамгӏияб советалъул председательлъун. Кӏудадал буго анкьго лъимерги 17 лъималазул лъимерги. «Дун цӏакъ бечедав чи вуго», — ян абула гьес.\nДаргиясул хъизамалъулги нижерги вацлъи, гьоболлъи, гьуинлъи ккеялъул гьадинаб тарих буго. 1945 соналъул апрель моцӏалда, рагъда хӏетӏеги къотӏун, тӏадвуссунев вукӏарав нижер кӏодоэбелалъул вацгӏал Гӏабдулаев Ислам, гьакидаги лъун, Буйнакскалдаса щвезавун вуго Хъуппаве, Абакаровазул дове. (Цебе гьобол гьечӏев чи хьихьизе иргаялда тӏадкъалаанилан бицана кӏудадаца). Гьел лъикӏал гӏадамаз, нижер росулъе хабарги лъазабичӏого, гьесул загӏиплъиги бихьун, гьев хьихьун вуго къого къоялъ. Хадуб, Исламица гӏемераб гьарун, ругьел битӏун буго росулъе ва, гьакидаги лъун, вачун вуго ругъеждерил «Коммуна» абулеб бакӏалде щвезегӏан. Гьенив гьев росулъа рачӏарал гӏагарал чагӏазухъе кьун вуго. Гьедин байбихьун буго ва, наслуялъ наслуялъухъе кьун, цӏунулеб буго гьайбатаб, гьарзаяб, чӏухӏараб вацлъи.\nКӏудияб рохелалъе мустахӏикъав чи вуго дир кӏудада, щайгурелъул гьес хӏехьезе ккана рагъул кьогӏлъи, бесдаллъи, ракъи-къеч, гьесул эменги инсул лъабго вацги хвана рагъда, хӏукуматалъул рахъалъан кигӏан гьитӏинабниги кумекги щвечӏилан бицуна кӏудадаца. Гьоболасде бугеб рокьиги дагьлъуларин бицуна нижее кӏудадаца, некӏсияб доб язихъаб заманалда гьоболасе букӏунаан бацӏцӏадаб рукъги бусадул къайи-къониги, бищун тӏагӏамаб (мискинлъиялда рекъон) квенги цогидабги.\n«Цӏамуда хадурги, нартида хадурги, ххенезе ролъуда, цӏоросаролъуда хадурги, цебе къотӏун хӏамагун (бугес чугун), унаан Шурагьире (Буйнакскалдеги цогидал бакӏаздеги, нухда базе кколаан чамалиго сордо-къо, жиб-жиб росулъ, колода вукӏине кколаан божарав чи (гьобол). Гьеб язихълъиялъги мискинлъиялъги щулагьабулаан Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъиги, гьуинлъиги, вацлъиги. Гьеб цӏунизе ккола нилъецаги, гьеб гьуинлъи, гӏаданлъи кьезе ккола наслуялъ наслуялъухъе», — ян малъула кӏудадаца.\nЛъикӏаб гьудуллъи щулаго цӏунизе кӏудияб гьунар буго нижер кӏудадал. 2004 соналда гьес жиндихъего Шамхалалде вачана Хъуппаса Абакаровазул анкьавго вацазул бищун кӏудияв вацасул вас Абакаров Шамил. Гьениб гьесие щулияб лъайги берцинаб гӏаданлъиялъулаб тарбияги кьун, ункъабилеб классги лъугӏизабун, витӏана тӏадвуссун Хъуппаве. Заз, баккулаго, бегӏераб букӏунеб гӏадин, Шамилги гьитӏинго вукӏана цӏодорав вас. Нижер хъизамалдаги гьев батӏияб миллаталъул, батӏияб росулъа чи вугилан ккечӏо ва кколаро. Шамилил эмен Ахӏмадил вуго анлъго вац, гьез абула нижер кӏудада жидер микьабилев вац вугилан.\nЩуабилеб классалда цӏализе Шамил ана эбел-инсуда цадахъ Норильскиялде, школа лъугӏун хадуб цӏалана техникияб институталда. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏулев вуго. Гьев ккола Красноярск краялъул боксалъул рахъалъ чемпион.\n2017 соналъул августалда Шамилица гьабуна хъизан. Гьесул берталъ гӏахьаллъи гьабуна нижер тӏолабго хъизамалъги. Дагьалъ цебе бачӏана хабар Шамилие вас гьавунилан, гьесда Асадулагьилан нижер кӏудадал цӏарги кьунилан…\nЩулияб хъала бан буго чӏарадисез Хъуппаб, хъуппасез Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъ.\nАнжела Гӏумарова,"}
{"slug": "1327-geresidarabaze-nukh-k-an-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1327-geresidarabaze-nukh-k-an-bugo", "title": "Гьересидарабазе нух къан буго", "date": "2018-04-16 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Республикаялъул аптекабазда ричулел дараби хӏалтӏизаризе бегьула\nШамилхъала поселокалдаса Арсланов Гӏалица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Абула, аптекабазда ричулел дарабазул 30-40 процент гьересияб бугилан. Дарабазул даражаялда хадуб халккколеб идарагойищ букӏунареб? Масала, Интернеталда гӏемер руго хириял дараби росичӏого, гьезулго гӏадаб пайдаялъул ва учузал нилъерго дараби росейилан малъа-хъваял гьарулел роликал. Гьенирго рехсолел руго гьелъие нугӏлъи гьабулел гьадинал дандекквеялги: Нурофен (120 гъур.) ва Ибупрофен (10 гъур.), Мезим (300 гъур.) ва Панкреатин (30 гъур.), Белосалик (380 гъур.) ва Акридерм (40 гъур.), Вольтарен (300 гъур.) ва Диклофенак (40 гъур.), Деклюкан (400 гъур.) ва Флуконазол (30 гъур.), Мирамистин (200 гъур.) ва Хлоргексидин (10 гъур.). Гьезул халатаб сияхӏалъул ахиралда буго гьадинаб хитӏабги: «Кваназаруге фармакорпорациял. Сахгьариялъе хӏалтӏизаре учузал дараби ва кӏванагӏан гӏемерал чагӏазда бице гьезул хӏакъалъулъ», — ан.\nАрслановасул кагъатги цӏалун, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб аптекабазул управлениялъул директор, провизор Хулата Магьдиевас гьадин бицана:\n— Федералияб ва регионалияб программабазда рекъон, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ росарал дараби нижер управлениялъул аптекабазул складазда цӏунула. Гьениса гьел уна бигьалъаби щолел чагӏазе дараби кьолел аптекабазде ва больницабазде, гьединго хириял дараби росула къанагӏат гурони дандчӏваларел унтаби ругел чагӏазе кьезе.\nНиж хӏалтӏула республикаялъул 84 аптекагун. Пачалихъалъул больницабазе кьола наркотикиял ва психотропниял дарабиги.\n— Лъица халгьабулеб нужер складазда ва аптекабазда ругел дарабазул даражаялъул ва кин ралагьулел дарабазда гъорлъ гьересидараби ругищали?\n— Гьеб хӏалтӏи гьабула Росздравнадзор абулеб территориалияб идараялъ, гьелъул специалистаз дарабазул анализал росула, чӏезарула гьел хӏакъикъиял ругищ-гьечӏищали. Гьел анализал цӏех-рех гьабизе ритӏула ЧРялъул Гудермес шагьаралда бугеб хасаб лабораториялде, щаклъи ккарал дараби тӏагӏинарула. Цоги, Росздравнадзоралъул сайталда руго киналго дарабазул хӏакъалъулъ хъварал мухӏканал баянал, гьезул кьучӏалдаги тӏатинарула гьересидараби, ратани, росарабго бакӏалде тӏадруссинарула. Гьересидараби тӏатинарураб аптека ва гьелъул жавабияв тамихӏалде цӏала.\nЖакъа республикаялда руго гӏемерал фирмаби ва аптекаби. Гьединлъидал дарабазул бизнесалда ругез хӏаракат бахъула клиентал жидехъего цӏазе, хӏажатал дараби чӏезаризе. Аптекабазда гьоркьоб бугеб къецалъ гьел тӏамула лъикӏ хӏалтӏизе.\nСкладалде рачӏарал дарабазул цӏех-рех гьабула нижерго лабораториялда, гьелдаги гӏей гьабичӏого, Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул «фальсификат» абулеб сайталда лъун руго тӏатинарурал гьересидараби. Нижер специалистаз гьелгун данде ккола цӏирачӏарал дараби. Къокъго абуни, гьересидарабазе жакъа нух къан буго.\n— Хабар буго, аптекабазул хважаинзабаз, цоцалъ рекъон, дарабазул багьа цӏикӏкӏинабулеб бугин, ва тохтурзабаз, кколелги кколарелги дарабиги хъван, унтарал пуланаб аптекаялде айилан ритӏулин ва гьеб «бизнесалдаса» щвараб хайиралдаса аптекараз гьезие щуго-анцӏго процент кьолин…\n— Гӏемерал сонал руго дун гьаб хъулухъалда хӏалтӏулев вугелдаса, амма аптекабазул бетӏергьабазул цоцалъ рекъейин абулеб жо тӏоцебесеб нухалъ рагӏулеб буго. Жакъа аптекабазда гьоркьоб кӏудияб къец буго, щивав клиент гьезие «хириявги» вуго, дарабазул къварилъиги гьечӏо.\nТохтурзабазул «бизнесалъул» гӏемер бицуна, гьеб битӏарабги батила, амма дидаго гьеб иш лъаларо ва кьучӏаб жаваб кьезеги кӏоларо. Тохтурас ритӏараб аптекаялдеги чара гьечӏого ине кколаро.\n— Ругищ багьа цӏикӏкӏинабизе гьукъарал дараби?\n— Гӏезегӏан руго, гьел ккола унтарасе гьечӏого гӏоларел дараби, ДРялъул тарифазул хъулухъалъ гьезул багьа цӏикӏкӏинабизе гьукъула. Гьел дарабазул багьабазда хадуб халккола Росздравнадзоралъ, чӏезабуралдаса гьезул багьа цӏикӏкӏинабуни, аптекаялда тӏад гӏакӏаги къотӏула.\n— Дараби ричулел идарабазе лицензия лъица кьолеб? Гьеб гьечӏого аптека хӏалтӏизе рес букӏунищ?\n— Гьеб документ кьола ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул лицензиялъулаб отделалъ. Дунги хӏалтӏана гьенив. Лицензия кьурал аптекаби Росздравнадзоралъул сияхӏалда рукӏуна ва зама-заманалдасан, прокуратурагун цадахъ, гьезул халгьабула. Лицензия гьечӏеб аптека къала, хважаинасда тӏад гӏакӏа къотӏула яги административияб тамихӏалде цӏала.\n— Нилъер республикаялде киса рачӏунел дараби?\n— Республикаялъул оптовиял фирмабаз дараби росула Россиялъул дараби гьарулел заводаздаса ва оптовиял базабаздаса. Республикаялъул цониги фирмаялъул лицензия гьечӏо батӏиял пачалихъаздаса дараби росизе. Гьединлъидал къваригӏарал дараби нижеца росула Москваялъул оптовиял фирмабаздаса.\n— Дуца абулеб буго Дагъистаналда дарабазул рахъалъ къварилъи гьечӏин. Амма, дараби кьолел гьечӏинги абун, хӏукуматалъ чӏорого ва 50 проценталъул бигьалъи гьабун дараби кьолел чагӏазул гӏарзал лъугӏулелго гьечӏо.\n— Гьединал чагӏазул хъвай-хъвагӏай букӏине ккола федералияб яги регионалияб реестралда. Инвалид реестралда вугони, гьесул цӏаралда заявка кьола Сахлъицӏуниялъул министерствоялде, ва гьелъ босула гьеб дару. Гьеб мурадалда исана федералияб ва регионалияб бюджетаздаса саламатаб гӏарац биччан буго ва лъагӏалие гӏурал дарабиги росулел руго. Тӏадехун бицунелъе бугеб аслияб гӏилла ккола жиндир заманалда инвалид реестралде восичӏолъи ва дараби тӏадчӏун тӏалаб гьарунгутӏи.\n— Цо-цояз абула жидеца къваригӏунел дараби нахърателалъе рукӏинеги къватӏисел пачалихъаздаса росулин. Масала, Цолъарал Гӏараб Эмиратаздаса босарабги нилъер аптекаялдаса босарабги «Тромба-Ассалъул» гьоркьоб хӏамидаги чодаги гӏанги кӏудияб батӏалъи бугин. Гьеб пикру битӏараб бугищ?\n— Рес бугел чагӏаз дараби бокьараб бакӏалдаса росизе бегьила, амма цого даруялъул даража кибго цого букӏуна.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1328-tarikhalde-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1328-tarikhalde-sapar", "title": "Тарихалде сапар", "date": "2018-04-16 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул маххул нухал\nМаххул нухал ккола, тӏабигӏаталъул хиса-басиязухъ балагьичӏого, лъагӏалил бокьараб заманалда квалквал гьечӏого хӏалтӏулел нухал. Халкъияб магӏишат, экономика, промышленность церетӏеялъе гьелъул бергьун кӏудияб кӏвар буго. Кида Дагъистаналде маххул нух щвараб, кинаб бугеб гьелъул тарих, республикаялъул экономикаялда гьелъул кӏвар, жакъасеб ахӏвал-хӏал?\nТарихалъ нугӏлъи гьабула\nГӏемерал соназ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб, пачаясул Россиялъ пикру буссинабуна Дагъистанги Кавказги улкаялъул централиял регионалгун маххул нухги лъун гӏагар гьабизе. Гьелдалъун тӏубалаан чанги кӏвар бугеб суал: тӏабигӏиялгун магӏданиял нахърателаздалъун, сурсатаздалъун бечедаб Кавказалъул ракьалдаса империялъул экономикаялъе пайда боси, цо хӏалккун чӏоларел, мукӏурлъи къабуллъуларел мугӏрузул халкъазда тӏад кверщел щулалъизаби, зама-заманалда Россиялъулгун кьал ахӏулел Ираналъулгун ва Турциялъулгун гӏорхъоде ярагъгун аскар рехизе ккани маххул нухлул букӏине бугеб стратегиялъулаб кӏвар. Россиялъул цебегосеб гьеб анищалъе квалкваллъун букӏараб, бахъараб хвалчен гӏодоб лъолеб букӏинчӏеб Дагъистанги Чачанлъиги кверде росун хадуб, байбихьана империялъ Кавказалде цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе.\nКавказалде маххул нух лъеялъул рахъалъ Петербургалда букӏана кӏиго батӏияб пикру бугеб къокъа. Пачалихъалъул советалъул председатель, кӏудияв гиназ Михаил Николаевичас ва рагъулав министр Ванновскияс рахъкколеб букӏана Бетӏераб Кавказалъул щобазда гъоркьан туннельги гьабун Владикавказалдаса Тифлисалдехун маххул нух лъеялъул проекталъул, кӏиабилез – Кавказалда вугев пачаяс сардар Воронцов-Дашковас, гӏурусазул техникияб жамгӏияталъул член-корреспондент Ю. Проценкоца ва академик Г. Абихица абулеб букӏана Каспиялъул рагӏаллъудасан Петровскиялде (гьанжесеб Махӏачхъала), гьениса Бакуялде нух лъезе кколин. Гьезул рахъккуна пача Александр III.\nМаххул нух гьабиялъе ихтияр щвана коллежский асессор Рудольф Штейнгелие. Гьес гӏуцӏула Ростовалъулгун Владикавказалъул маххул нух гьабиялъул акционерияб жамгӏият ва лъабго соналдасан Владикавказалде нух гьабун лъугӏула.\n1885 соналда Россиялъул императорас тасдикъ гьабула министрзабазул кабинеталъ Владикавказалдаса Петровскиялде 250 версталъ маххул нух лъеялъул рахъалъ гьабураб проект. Гьелда тӏад харж гьабизе бихьизабула 12,7 млн гъуруш гӏарац.\n1891 соналъул 24 маялда байбихьула Беслан станциялдаса Грозныялде, гьениса Петровскиялде нух гьабизе. Нух бахъиялъул бетӏерав инженерлъун тӏамула Михаил Кербезд. Гьесулго нухмалъиялда гъоркь гьабуна хадуб Петровск – Дербент – Баку маххул нухги.\nПетровскиялде бачӏунеб маххул нух ине кколаан Таргъу мегӏералъул ахалъудасан. Амма гьелда дандечӏана купецал (даранчагӏи) ва ччугӏихъаби. Щайгурелъул гьез ралъдал порталдаса (порт бан букӏана 1861-1870 соназда) шагьаркъотӏун Таркиялде щвезегӏан баччизе кколаан жидерго къайи. Гьезул гьариялдалъун ва тӏадецуялдалъун ралъдал рагӏалчӏван маххул нух лъезе хӏукму гьабуна. Маххул нухлуе хӏажалъулел мастерскаял ва депо гьаруна шагьаралъул севериябгун бакътӏерхьул рахъалда. Гьедин гӏун бачӏана Петровск – Кавказский поселок (гьанжесеб Тӏоцебесеб Махӏачхъала).\n1884 соналъул 17 маялда официалияб къагӏидаялъ рагьана Сулахъ гӏоралдаса Петровскиялде щвезегӏан маххул нух ва шагьаралде бачӏана тӏоцебесеб поезд. 1896 соналда Петровскиялда вокзалалъе бана ганчӏил гьабураб кӏитӏалаяб минаги. (1970 соналъул авалалде щвезегӏан гьеб мина цӏунун хутӏунги букӏана).\n1898 соналъул 25 октябралда маххул нух щвана Дербент шагьаралде, 1900 соналъул 1 январалда — Бакуялде. Гьелъул хӏакъалъулъ лъазабидал, Россиялъул император Никӏолайица Кавказалда вугев гражданазул рахъалъ бетӏерав командующий генерал-адъютант гиназ Голицинихъе битӏараб телеграммаялда хъвалеб буго: «Дун талихӏав вуго рельсазул нухалдалъун Закавказье Россиягун цолъиялдаса. Цӏакъ разияв вуго хӏалтӏаби хехго гьариялдаса», — абун.\nДагъистаналде маххул нух гьаби ва жибго поезд бихьи нилъер гӏадамазе букӏана гӏажаибаб жолъун. Дагъистан областалда бана маххул нухлул анцӏго станцияги – Чирюрт, Темиргъое, Петровск-Кавказский, Порт-Петровск, Манас, Буйнакск, Гъаякент, Мамедхъала, Дербент, Белиджи ва 14 разъезд, бана анцӏ-анцӏ кьо, 53 мина. Каспиялъул рагӏаллъиялъул гӏодоблъиялдаса гьабураб маххул нухалъ цӏикӏкӏараб асар гьабуна Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъе, гьеб гьоркьобе цӏана тӏолгороссиялъул дармил бухьеналде. Маххул нух гьабиялдалъун Дагъистаналда байбихьана чӏахӏиял промышленниял предприятиял разе, шагьранухал гьаризе, гьез рикӏкӏадал мугӏрузулал округал, росаби цоцалъ рухьинаруна, рухьинаруна Россиялъул цогидал регионалгунги. Магӏарулазул гӏумру цебетӏеялъе хасго цӏикӏкӏараб асар гьабуна 1915 соналда Петровскиялдаса, областалъул тахшагьар, Темир-Хан-Шураялде маххул нух лъеялъ. Гьеб нух гьабиялъулъ цебехъанлъи ва хӏаракатчилъи бихьизабун гуребги, гӏарцудалъунги квербакъи гьабуна Темир-Хан-Шураялдаса ресалда вугев Даидбег Даидбеговас. Маххул нухаздасан Дагъистаналде бачӏине лъугьана цӏул, махх, нарт, ретӏел, ххам, ролъ ва цогидабги мануфактура. Дол соназул цо документалда хъвалеб буго: «Гьанжелъизегӏан гӏиял рехъабиги, боцӏул рехьедги, гӏухьбиги гурого рихьулел рукӏинчӏел авлахъал чӏаголъизе лъугьана. Дагъистаналъул гӏодоблъиялда рагьизе байбихьана фабрик-заводал, росаби, поселокал ва шагьарал, гӏатӏидал нухал», — абун.\nХасаб тарих буго маххул нухлул ва гьелъул хӏалтӏухъабазул кӏудияб Октябралъул Социалистияб революциялда лъураб бутӏаялъул. Маххул нухлул хӏалтӏухъаби рукӏана Дагъистаналда тӏоцебесеб хӏалтӏухъабазул класс, пролетарал. Гьез гӏахьаллъи гьабуна 1905 соналда букӏараб тӏолгороссиялъул багъа-бачариялда, 1917 соналъул революциялда. Гьаниб рехселин дол соназул цо кӏвар бугеб лъугьа-бахъинги.\n1920 соналъул март моцӏалда Дагъистаналдаса лъутулел деникинилаз, Петровскиялда гумуздаги рекӏун нахъе унелъул бухӏана ралъдал порт, цӏа бачӏунеб букӏана аскӏобго бугеб маххул нухда чӏараб динамиталъул ва пироксилиналъул цӏураб 22 вагоналъул составалде. Гьезде цӏа щун букӏарабани шагьарго щущахъ биххизабиялда хӏинкъи букӏана. Гьеб мурадгун гъун букӏана деникинилаз порталда цӏаги. Мухӏамад Хутинаев абурав асатӏинас-машинистас ва гьесул гьалмагъзабаз вагоналги дандрегъон, хехго состав хъамуна Манасалъул рахъалде, Тарки-Уйташалде. Гьесул бахӏарчилъиялдалъун хвасарлъана шагьарги гӏадамалги.\nБуйнакск – Тифлис маххул нух\nАраб гӏасруялъул къоабилел соназда ВКП(б)ялъул Северияб Кавказалъул крайкомалъ СССРалъул Маххул нухлул министерствоялда цебе суал борхана Буйнакскалдаса Тифлисалде, гьенисан Армениялде маххул нух лъезе бегьиялъул. Географиялъул картаялде балагьани, гьеб букӏана Закавказьеялъул кӏиябго республикаялде бищун къокъаб манзил бугеб нух. Гьелъул рахъкколезул аслиязул цояв вукӏана крайкомалъул секретарь А. Микоянги. Цебегоялдаса нахъе азербайжаназулги эрмениязулги дандеккунгутӏаби рукӏинги хӏисабалде босун букӏун батила А. Микояница, Азербайжаналдасан гьабичӏого, Дагъистаналдасан маххул нух Армениялде лъеялъул рахъ кколебги. (Хадубккунги Армениялде маххул нух лъуна Чӏегӏерралъдал рагӏалдасан, Гуржиялъан).\nАкадемик Хӏамид Бучаевас бицана: «Буйнакскалдаса Тифлисалде маххул нух лъеялъул рахъалъ цӏех-рехал гьарулел рукӏараллъи хӏакъаб жо буго. 1924 соналда гьеб суалгун Дагъистаналде вачӏун вукӏана СССРалъул Маххул нухазул министерствоялъул жавабияв хӏалтӏухъан Марков абулев чи. Бакӏалдаго гьес цӏех-рехал, хӏисабал гьаруна. Дир пикруялда, маххул нух лъезе гьес тӏасабищун букӏун батизе бегьула Авар гӏорккун жаниблъи, ай Аваро-Кахетиялъул нух. Гьеб нухда гьаризе кколел рукӏун руго чанго гьитӏинал туннелал, Бетӏераб Кавказалъул Вантляшевский габурлъиялда гъоркь кӏудияб туннельги. Цебеккунисеб цӏех-рехги гьабун, Марков Москваялде тӏадвуссана маххул нух лъезе бегьиялъул пикругун. 1925 соналда Марков кӏиабизеги вачӏана Дагъистаналде. Цадахъ чӏужуги ячун вачӏарав Марков, гьелда Сарыкум салул гохӏ, басрияб Хъумторхъала ва цогидалги тӏабигӏиял бакӏал рихьизаризе тира-сверизе уна. Гьенир гьел ккола хъачагъаз, чӏвала чӏужу ва живго. Гьелдалъун лъугӏула Буйнакск-Тифлис маххул нух гьабиялъул ишги. Марковасул хӏурматалда Буйнакск районалъул цо совхозалъе кьола гьесул цӏар. Махӏачхъалаялъул цо къватӏалдаги лъола Марковасул цӏар. Тӏолабго Дагъистаналъул, хасго магӏаруллъиялъул сипат миркалъго хисилаан, тӏегьалаан гьеб проект гӏумруялде бахъун букӏарабани».\nХадусел сонал\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда фашистал Кавказалде гӏагарлъидал, къокъабго заманалда жаниб гьабуна Гъизляр-Астрахань маххул нух. Гьелъ рес кьуна Бакуялъул нарт фронталде битӏиялъеги, рагъ тӏаде щолеб бакӏалдаса гӏадамал, гӏи-боцӏи, промышленниял предприятиял ва цогидабги Закавказьеялде гочинабиялъе.\nАраб гӏасруялъул 90-абилел соназда Чачаналда рагъ багъариялъ кӏудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъияб магӏишаталъе, рес букӏинчӏо республикаялде поездал рачӏине, нилъ рукӏана блокадаялда гӏадин, гьоркьор къотӏана кванил нигӏматаздаса байбихьун ралел бакӏазул материалазде гӏунтӏун кинабго къайи. Рес букӏинчӏо нилъер гьаниб гьабураб продукцияги къватӏибе ине. Гьеб ахӏвал-хӏалалда республикаялъул нухмалъиялъ Москваялдаги гьарун, федералияб централъул кумекалдалъун, 270 къоялда жаниб 78 километралъул халалъиялда Къарланюрт станциялдаса Гъизляралде цӏияб маххул нух лъуна. Гьеб рагьана 1997 соналда.\nЖакъа Дагъистаналда маххул нухазул халалъи буго 509 километр. Щибаб къоялъ Махӏачхъалаялдаса Москваялде уна пассажиразул поезд. Республикаялда жаниб хьвадула щуго электричка: Махӏачхъала-Хасавюрт, Махӏачхъала-Дербент-Белиджи-Самур-Азербайжаналъул гӏорхъи, Буйнакскалде электричка хьвадуларо, гӏицӏго къайи-цӏа рехун унеб поезд гурони.\nМахӏачхъалаялдаса уна Баку-Москва, Баку-Киев поездалги. Советияб гӏуцӏиялъул заманалда хьвадулаан Москва-Баку-Тифлис ва Москва-Тегеран поездалги. Гьанже гьел хьвадуларо.\nТахшагьаралда жанир\nмаххул нухал\nДагъистаналда промышленниял предприятиял разе лъугьарал дол лъеберабилел соназда хӏажалъи ккана Махӏачхъалаялда жанирги, Каспийскалдеги маххул нухал лъезе. «Двигательстрой» абун поселокалда цӏарги лъун гьанжесеб Каспийск шагьаралда рагъулаб завод базе байбихьидал, Махӏачхъала-Дербент маххул нухдасан гӏаркьел цӏана Каспийскалдехун. Махӏачхъалаялда жанир маххул нухал лъуна Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб ва «Дагъэлектромаш» заводазде, III Интернационалалъул цӏар лъураб фабрикаялде, Редукторнияб поселокалда бугеб чирма-къалал гьарулеб, ччугӏилгун консервазул ва цӏорол кӏор гьабулеб заводазде. Гьел шагьаралда жанир ругел маххул нухал ккола стратегиялъул рахъалъ кӏвар бугеллъун. Гьанже гӏемерисел фабрик-заводал хӏалтӏулел гьечӏо ва маххул нухал рехун тун руго. Рельсазда тӏаде хъилги тӏун, гьел рахчизарун руго, цо-цо бакӏаздайин абуни гьезда тӏад ва аскӏор минаби ран руго. Миллияб хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъе кӏвар цӏикӏкӏарал гьел нухазул тӏалаб лъицаго гьабулеб гьечӏо. Ракӏалде ккола шагьаралда жанир ругел гьел нухазул стратегияб кӏварги хӏисабалде босун, Дагъистаналъул маххул нухазул идараялъ гьеб суалалде кӏваркьелилан.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "1330-giiyakh-anl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1330-giiyakh-anl-i", "title": "Гӏияхъанлъи", "date": "2018-04-16 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Лъикӏаб байбихьи, хӏасилаб букӏинесеб\nДагъистаналда щуго миллион гӏи бугин абизеги кӏоларо, гьечӏин чӏезабизе кьучӏаб хӏужаги гьечӏо\nЦебесеб анкьалъ къватӏибе биччараб газеталда нижеца баян кьун букӏана Росдал магӏишаталъул министерствоялда тӏобитӏараб гӏияхъанлъиялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицараб данделъиялде ахӏарал гьалбал редакциялдеги рачӏун рукӏанин. Гьезда гьоркьор рукӏана Россиялъул гӏелмияб академиялъул член-корреспондент, Тимирязевасул цӏаралда бугеб Россиялъул пачалихъияб аграрияб университеталъул — Москваялъул росдал магӏишаталъул академиялъул зоотехникиябгун биологиялъул факультеталъул декан Юсуп Юлдашбаев, гьебго университет-академиялъул зоостанциялъул директор Нагимет Мухӏамаджанов ва Дагъистаналъул НИИСХалъул гӏи-боцӏухъанлъиялъул отделалъул заведующий Гӏабдусалам Хӏожокӏов. Гьезулгун ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.\n— Гӏумруялъул, магӏишаталъул, тӏабигӏаталъул бечелъиялъул кинал рахъал росаниги, Дагъистан буго гӏажаибаб ва гьайбатаб республика, — ян бицана Гӏабдусалам Хӏожокӏовас. — Гӏи-боцӏухъанлъи, гьелдаго гьоркьоб гӏияхъанлъиги буго нилъер умумуздаго лъикӏ лъалеб букӏараб магӏишат. Нилъер тӏабигӏаталъул шартӏазги, гьава-бакъалъги, хасел тӏамизе гӏураб къадар рагӏи-хералъул хӏадуризе бажарунгутӏиялъги рес кьоларо тӏубараб лъагӏелалъ гӏи мугӏрузда хьихьизе. Хӏаримазул гӏатӏилъи гӏоларого букӏиналъ, рес кьоларо риидал гӏодоблъиялда гьеб хьихьизеги. Гьединлъидал Дагъистаналъе хаслъи бугеблъун ккана гочинабун гӏи хьихьулеб къагӏида.\n— Дагъистаналда бугин абула гӏи-цӏцӏаназул 5 млн бетӏер. Дуца кин рикӏкӏунеб, бугищ гьаниб гьедигӏанасеб къадар?\n— Гӏи-цӏцӏаназул бищун цӏикӏкӏараб къадар букӏана 1987 соналда, ай 3,8 млн бетӏер. Амма доб заманалда гӏаммал магӏишатазул гӏиязда цадахъ вехьасе изну букӏана хьихьизе жиндирго гӏиги: колхозалда — 40 бетӏер, совхозалда — 20 бетӏер. Гьабсагӏаталда босани, вехьас хьихьула кӏварабгӏан къадар. Руго гӏухьби кибго хӏисабалда гьечӏеб 400-500 гӏиялъажо бугелги. Гьечӏо мухӏканаб хӏисаб Дагъистаналдаса къватӏибе баччулеб чӏагояб гӏиялги, хӏакъаб жо, гьелъулги къадар кӏудияб букӏин. Буго кибниги хӏисабалда гьечӏеб гӏиял къадарги, буго, субсидиял щвезелъун, «припискаби» гьарун тӏаде хъварабги. Гьединлъидал дида кӏоларо Дагъистаналда 5 млн бетӏер бугин ракӏчӏун абизе, гьединго кӏоларо гьеб гьечӏин абизеги.\n— Церехун хӏалтӏизарулел рукӏарал къагӏидабиги хӏисабалде росун, рикӏкӏине бегьуларищ гӏи?\n— Гьеб буго цӏакъ битӏараб пикру. Амма гьеб бугоха гӏезегӏан захӏматаб, къо бихьулеб, гӏемераб заманги харжалги тӏад унеб хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ, Росдал магӏишаталъул министерствоялъул ихтияр гьечӏо гьединаб хӏалтӏи гьабизеги.\n— Мун вуго гӏемерал соназ росдал магӏишаталда хӏалтӏарав, хӏалбихьи бугев чи. Кинаблъун бихьулеб дуда гьабсагӏаталда нилъер гӏияхъанлъиялъул сипат?\n— Пачалихъ биххун хадуб гӏиял квасул къимат гӏодобе ккана. Квасул тӏалаб гьечӏеблъиги бихьун, гьанал къимат цӏикӏкӏунеб букӏинги хӏисабалде босун, гӏияхъабаз байбихьана гьан кьолеб тайпаялъул гӏи Дагъистаналде баччизе. Гьеб лъугьана лъицаниги халгьабулареб, хӏисаб-суал гьечӏеб масъалалъун. Журана тайпаби, хвана квасул даража. Тайпадулаб, бацӏцӏадаб гӏиял бащдаб хутӏанин абуни мекъи ккеларо, гьеб кинабго цӏигьабизе ккани, нилъее къваригӏуна гӏемерал сонал.\nЮсуп Юлдашбаевасулгун ккараб гара-чӏвариялда нижеца гьесда гьикъана цевехун Дагъистаналде щун вукӏанищин.\n— Цо къо базе щун вукӏана. Гьаб кӏиабилеб нух буго, — ян абуна Ю. Юлдашбаевас. — Росдал магӏишаталъул цӏияв министр вуго лъикӏав специалист. Гьес лъугӏизабуна нижер академия ва гьев ккола росдал магӏишталъул гӏелмабазул кандидат. Гьесда лъикӏго лъала гӏияхъанлъиялда ругел, гьелда церечӏарал масъалаби. Гьединлъидал гьес гӏуцӏана гӏияхъанлъиялъул бицунеб гьаб данделъиги гьанире ахӏана нижги. Советияб заманалда гӏиял 100 процент букӏана гӏаммал магӏишатазда, селекциялъулабгун хьонбиччаялъул хӏалтӏи букӏана лъикӏаб даражаялда. Гьабсагӏаталда 20 процент буго гӏаммал магӏишатазда, 80 процент — фермеразулал магӏишатазда. Хӏакъаб жо, гьениб гьечӏо тӏадаблъун гьабун бугеб цо низам, къагӏида. Гьелъул хӏасилалда журалел руго тайпабиги, гӏодобе кколеб буго даражаги, гӏи хьихьиялъул пайдаги. Руго тайпабиги кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун гьан кьолелги, ункъо нухалъ цӏикӏкӏун квас кьолелги, амма масъала буго гочинабун хьихьиялдеги ругьунал, бакӏалъулал тайпаби, гьеб «халкъияб буголъи» цӏуни. Министрасги данделъиялда абуна, нилъеца кӏвар кьечӏого, хвезе тун бугин селекциялъулаб хӏалтӏи, чара гьечӏого хӏажат бугин гьеб цӏигьабизеян. Гӏи-цӏцӏаназул 5 млн бетӏер бугеб Дагъистаналъ къадаралъул рахъалъ Россиялда тӏоцебесеб бакӏ ккола.\n— Данделъиялда кӏалъалаго, магӏишатазул нухмалъулез, аслияб куцалда сунда тӏадчӏей гьабураб?\n— Гӏияхъабазул аслиял масъалаби руго Россиялъул киналго регионазе гӏаммал: хӏаримал ижараялъе росиялъул, гьезухъ кьолеб мухьалъул, лъел, субсидиязул, гӏезарурал нигӏматал ричиялъул. Гьанир рехсарал хӏужабаз бихьизабулеб буго гӏарцулал сурсатал ва материалияб рахъалъ хьезари аслиял суалал рукӏин. Гӏемераз загьир гьабуна, гӏияхъанлъиялъул пайда борхизабизелъун, гӏелмиял цӏирагьиял производствоялда хӏалтӏизаризе хӏажат букӏиналъул пикру. Министрасги бихьизабуна гьел масъалаби, Дагъистаналъул хаслъиги шартӏалги хӏисабалде росун, цадахърекъон тӏуразе кколеблъи.\n— Цо-цояз абула, гочинабун хьихьулеб гӏияхъанлъиги тун, гӏодоблъиялъул ракь кьезе кколин гьелъул бетӏергьабазухъе. Дуда кин кколеб?\n— Цо гектаралда хьихьизе бегьулеб боцӏул (гӏиял) норма буго. Дагъистаналда гьеб чӏезабун буго цо гектаралъе цо бетӏер хӏисаб гьабун. Гьадинаб кӏудияб къадар гӏиялги букӏун, нужер гьаниб гьеб норма цӏунуларо, цӏунизе ресги гьечӏо. Риидалил мугӏрузде гӏи гочинабичӏони, кин гӏезе бугеб гьеб къадаралъе эркенаб ракь, рагӏи-хер? Берцинаб хӏалалда кваназе хер гьечӏеб ракьалда тӏад гӏияда хадуб хутӏула гӏицӏаб майдан. Сунде гьелъ рачинел? Тӏубанго хвезе буго ракьги экологияб системаги, хиса-сверизе буго тӏабигӏаталъул сипат-суратги. Тӏадехун рехсарабги хӏисабалде босун, гочинабулеб гӏияхъанлъи лъугӏизабиялъул суал тӏубазабизе рес гьечӏо. Ялъуни дагь гьабизе ккола гӏиял къадар. Гьеб киналдаго цадахъ хӏажат буго: гӏатӏидго хӏалтӏизаризе цӏияб тайпаялъул хӏаримал, цӏигьаризе ккола ругел хӏаримал (хьон хьан, къачӏан, цӏам чучазабун). Хасало гӏодоблъиялде гочинабулеб гӏиялъажоялъул цӏайи нухда дагьлъула лъеберго проценталъ. Дир пикруялда, щай бегьулареб гӏиял гьан бичулел пунктал магӏарухъ рагьизе?\nГьел руго гӏияхъабазда лъикӏ лъалел, гӏияхъанлъиялъул пайда борхизабиялъе хайир гурони зарал гьечӏел суалал.\nКиналъулго ахир гьабулаго, Нагимет Мухӏамаджановас абуна: «Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов вуго цадахъ цӏаларав, лъикӏав инсан ва бажари бугев специалист хӏисабалдаги нижеда лъикӏ лъалев, божарав гьудул-гьалмагъ. Къадар цӏикӏкӏараб бугониги, гӏияхъанлъи гьабсагӏаталда буго пайда цӏикӏкӏун кьолареб магӏишат (10-15%). Цӏакъго тохлъун, биччантун буго зоотехникиябгун тайпадулаб гӏи-боцӏул рахъалъ хӏалтӏи. Гӏадада гурелъул министрасги жиндирго хӏалтӏи гьелдаса байбихьулеб бугеб. Церечӏарал масъалаби кигӏан захӏматал ругониги, Гӏабдулмуслим вуго ишалъул, рагӏул чи, гьес кинабго босила кверзукье ва бачина цебе. Гьесие кумекалъе нижги хӏадурго руго»,- ян.\nЗикрула Илясов,\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1331-milliyab-ratilil-va-millatal-ul-urg-alida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1331-milliyab-ratilil-va-millatal-ul-urg-alida", "title": "Миллияб ратӏлил ва миллаталъул ургъалида", "date": "2018-04-16 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Бищун лъикӏаб сурат жеги бахъизе буго Зургьаловас\nМиллияб ратӏлил\nва миллаталъул ургъалида\nБищун лъикӏаб сурат жеги бахъизе\nбуго Зургьаловас\nМахӏачхъалаялъул Гьудуллъиялъул рокъоб бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул музеялда рагьана машгьурав фотограф, Россиялъул Журналистазул союзалъул член, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Хӏажимурад Зургьаловасул «Халкъалъул рухӏ» абун цӏар лъураб суратазул выставка. Хӏ. Зургьаловас бицухъе, выставка тӏобитӏиялъул аслияб мурадги ккола миллияб культураялде ва умумузул гӏадатазде жамгӏияталъул кӏварбуссинаби.\nГьудуллъиялъул рукъалъул директорасул заместитель Георгий Гьаруновасул рагӏабазда рекъон, суратал рахъулаго, Зургьаловас жиндирго гьунарги махщелги буссинабун буго гӏадамазде, гӏадатазде ва Дагъистаналъул миллияб ратӏлиде. ДРялъул Миллатазда гьоркьосеб министерствоялъул миллияб политикаялъул управлениялъул начальник Мухӏамад Даитбеговас бицана Хӏажимурадида бихьулин гӏадатиял чагӏазда бихьулареб гӏемераб жо. Гьесул хӏалтӏабазулъ кидаго букӏунин Дагъистаналъул халкъазул унго-унгояб хаслъи.\nВыставкаялда лъун буго ахираб къого соналда жаниб Зургьаловас бахъараб 64 сурат.\n«Гьаб буго дир суратазул 16-абилеб выставка. Гьел тӏоритӏана Москваялдаги, Санкт-Петербургалдаги, Екатеринбургалдаги… хӏатта Мексикаялдацин. Жакъа дун хӏалтӏулев вуго «Лъалареб Дагъистан» абулеб темаялда тӏад. Амма дир жеги рес ккечӏо бищун лъикӏаб сурат бахъизе. Гьаб выставкаялда лъун ругел сураталги ккола «Кӏудияб чиллайдул нух» абулеб маршруталда ругел росабалъ рахъарал», — ан бицана Хӏ. Зургьаловас.\nИнгушав Макломица хъвалеб буго: «Пакистанияз, гӏарабаз, жугьутӏаз, узбеказ, индусаз, индейцаз, шотландияз ва гӏемерал цогидазги ретӏуна жидерго миллияб ретӏел. Цохӏо кавказалъулазда кӏочон тун буго умумузул ратӏлил къимат гьабизе», — ян. Суратазул кумекалдалъун гьеб «унтиялъул» хӏакъалъулъ бицунеб буго выставкаялда Хӏажимурад Зургьаловас. Миллатазул гӏадатал берцин рихьулев ва миллияб ратӏлил къимат гьабулев чи 25 апрелалде щвезегӏан выставкаялда лъун ругел суратазухъ балагьизе вачӏине бегьула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1332-tsium-borzhuna-borkhal-ude", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1332-tsium-borzhuna-borkhal-ude", "title": "Цӏум боржуна борхалъуде", "date": "2018-04-16 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏабиб Нурмухӏамадов мустахӏикълъана UFC-ялъул чемпионасул рачелалъе\nUFC гӏуцӏиялъул рачелгун Дагъистаналде тӏадвуссана Хӏабиб Нурмухӏамадов. Гьесда дандчӏвай гьабизе Махӏачхъалаялъул аэропорталде данделъун вукӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи. Гьезда гъорлъ рукӏана Нурмухӏамадовасул гӏагарлъиги, гьудул-гьалмагъзабиги, хӏакимзабиги, спортсменалги, жубараб речӏчӏухъанлъи бокьулелщиналги.\nСпортсменасул эмен Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас, данделъараздехун вуссун, гьадин абуна: «Баркала киназего, дир васги кӏодо гьавун, гьанире рачӏаралъухъ. Хӏабибие щвараб бергьенлъи ккола киназего гӏахьалаблъун. Баркула киназдаго», — ян.\nАэропорталда Хӏабиб Нурмухӏамадовасда бергьенлъи баркана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасги. «Хӏабиб, Россиялъул тарихалда меседил хӏарпаз хъвана дур цӏар. Тӏоцебесеб нухалъ гуро дуца Россиялъулги Дагъистаналъулги цӏар дунялалдаго рагӏизабулеб бугеб. Гьелъухъ кӏудияб баркала. Хадурккунги гьарула бергьенлъаби», — ян абуна премьер-министрас.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тӏоцевесев заместитель Сайгидахӏмад Ахӏмадовасги баркана чемпионасда гьесие щвараб къиматаб бергьенлъи. Спорталъул ва физкультураялъул министр Мухӏамад Мухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, Дагъистан цебегоялдаса балагьун чӏун букӏана UFC-ялъул рачелалъухъ. «Гьеб рохел халкъалъе, жубараб речӏчӏухъанлъи бокьулезе сайгъат гьабурав Хӏабибие баркала буго. Щивав гӏолохъанав спортсменасе гьарула Хӏабиб гӏадал рахъине сахлъиги, икъбалги, гьунарги», — ян абуна министрас.\nДанделъиялда гӏахьаллъарав Олимпиялъул чемпион Гӏабдурашид Садулаевасги баркана Нурмухӏамадовасда бергьенлъи.\nХадуб, аэропорталде рачӏарал киназего баркалаги кьун, кӏалъазе вахъана чемпион Хӏабиб Нурмухӏамадовги. «Дун цӏакъ вохаравги чӏухӏаравги вуго Дагъистаналъул халкъалдаса. Баркала буго нужее гьанире рачӏаралъухъ. Дунялалъул кинаб бакӏалда вукӏаниги, дида ракӏалда рукӏуна Дагъистанги нилъерго гӏадамалги. Къеркьей букӏана захӏматаб. Нужеда бихьанаха ахираб анкьалъ букӏараб ахӏвал-хӏал, дида данде вахъине спортсмен валагьулаго, UFC-ялъул вакилзабазда бихьараб захӏмат. Гьеб киналъго тӏадецуй гьабулеб букӏана. Гьелъги батила, къеркьолелъул, унго-унгояб махщел бихьизабизе бажаричӏебги. Аллагьасе рецц, кинабго лъикӏ ккана», — ян абуна чемпионас.\nХӏабиб Нурмухӏамадов ккола UFC-ялъул рачелалъе мустахӏикълъарав Россиялдаса тӏоцевесев спортсмен. 1995 соналда Олег Тактаровги вахъун вукӏана UFC гӏуцӏиялъ тӏоритӏулел турниразул чемпионлъун. Амма доб заманалда гьенир къагӏидабиги турниразул регламентги рукӏана тӏуранго батӏиял.\nКиназдаго лъала, UFC-ялъ къеркьеязда цебе турниразухъ балагьулел цӏикӏкӏине мурадалда батӏи-батӏиял сихӏраби ургъулеблъи. Гьаб нухалъги гьедин ккана. Хӏабиб Нурмухӏамадовасдагун Артем Лобовасда гьоркьоб ккараб хабар гӏуцӏиялъул вакилзабаз дунялалдаго рагӏизабуна ва гьелда сверухъ кинофильмалъе гӏураб сценарийги ургъана. UFC-ялъ ва цогидалги гьединалго гӏуцӏабаз турниразде хӏадурлъулелъул цоцаздехун лъикӏаб бербалагьи гьечӏел спортсменал дандчӏвазе гьукъула ва гьезда хадуб халкколел хасал чагӏигицин рукӏуна. Амма, Хӏабиб Нурмухӏамадовасулгун Артем Лобовасул цоцаздехун ццим букӏин лъалеб букӏаниги, гьел дандчӏвазе риччана, хӏатта гьеб ишалъе кумекгицин гьабун батизе бегьула. Радиоялдасан кӏалъалаго, абурал рекъечӏел рагӏабазухъ, гьес нагӏадала кколеб букӏаниги, Лобовасул гъванщилъ жо бана Хӏабибица. Гьелдаса нахъе байбихьана ахӏи-хӏур. Лобовасул гьалмагъ Макгрегор, жиндирго къапилагун, тӏаделъана дагъистанияв рекӏун вукӏараб автобусалде ва гьелъие зарал гьабуна. Хӏабибин абуни UFC-ялъул хӏалтӏухъабаз автобусалдаса къватӏиве виччачӏо. Лъугьа-бахъиналъул хӏасилалда гьебго турниралда цере рахъине кколел рукӏарал Майкл Кьезае ва Рэй Боргие сакъат ккана. Макгрегорин абуни полициялъулаз жанив лъуна. Гьелде тӏадеги, ахирисеб къо щвезегӏан лъалеб букӏинчӏо Нурмухӏамадовасда данде къеркьезе вугев спортсменасул цӏар. Битӏараб нухдасан унаго, гӏодовги речӏчӏун, хӏатӏие сакъат ккарав Фергюсонил бакӏалда дагъистаниясда данде вахъине лъиего бокьун букӏинчӏо. Ахир-къадги UFC-ялъул мухъилъ ватарав ракӏ къамартӏав чи, американав Эл Яквинтаца лъазабуна жив хӏадур вугин. Къеркьей халатбахъана щуго раундалъ, ай 25 минуталъ, ва судияз бергьенлъи кьуна Хӏабибие.\nДагъистанияв американавгун къеркьана жиндиего зарал кколареб къагӏидаялда, гӏодоввиччан. Абизе ккола, дандияс кьабураб цогӏаги зар я мал Хӏабибида щвечӏин. Тӏадагьаб цӏайиялда UFC-ялъул бищунго къуватал спортсменазул сияхӏалда гьечӏониги, Нурмухӏамадовасулгун букӏараб дандчӏваялда Яквинтацаги бихьизабуна жив бигьаго къуркьулездаса гуреблъи. Къеркьей лъугӏун хадуб Хӏабибица гьесие лъикӏаб къиматги баркалаги кьуна.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "1449-tokhturasul-khiak-al-ul-ragii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1449-tokhturasul-khiak-al-ul-ragii", "title": "Тохтурасул хӏакъалъулъ рагӏи", "date": "2018-04-23 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Хъахӏаб халгӏаталъул къадру цӏунарав\nДибирдадалги Патӏиматилги талихӏаб къисаялъухъ гьоболлъухъ\nГӏаздада тӏугьдул\nТӏанусдерил хабзал. Занал рахчизегӏан бараб гӏазу. Апрель моцӏалъул бакъул чӏоразде данде кенчӏолел гӏазул хӏулабаз зонода аскӏов эхетун вугев Дибирдадада цоги нухалда ракӏалдещвезарулел руго гӏолохъанлъиялъул талихӏал лахӏзатал. Гьев сихӏкъотӏун гӏенеккун вуго… Ва заманалдасан гӏаздада раккана тӏугьдул. Багӏарал розабаз цӏуна йокьулей Патӏиматил хоб.\n— Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул… — гьедин ахӏулеб букӏана Дибирил цӏаралдасан розабаз Патӏиматие 2018 соналъул 3 апрелалда.\nРекӏелъе бортулеб гьеб пашманаб сураталъ ячун ятила дун Республикаялъул урологияб централъул бетӏерав тохтур Дибирдадахъе гьоболлъухъ.\nБетӏерав тохтурасул кабинет. Гьениве уневщинасе салам кьолев Хӏамзатил Расулги. Нилъалзукь кверги чӏван, шагӏир нилъер ургъалида вугин ккола. Щиб лъалеб, гьеб сураталъухъ валагьидал, Дибирида гӏумруялъул цо-цо лахӏзатал ракӏалдещолел ратизеги бегьула. Бокьун букӏана тохтурасул хӏакъалъулъ, гӏадатияв инсанасул хӏакъалъулъ гӏадин хъвазе. Дица хъвазе щибха хутӏун батилеб!?\nКабинеталъуе лъугьарайго, дир бер речӏчӏана Дибирил столалда тӏад лъун ругел Патӏиматил хӏакъалъулъ хъварал макъалабазде. Гьеб параялъ нижеца кӏиязго пикру гьабулеб букӏана Патӏиматил. Гьеб сихӏкъотӏиги гьоркьоб къотӏизабун, Дибирица абуна лъабабилеб апрелалда Патӏиматида гьаюраб къо баркизе Тӏанусиве ун вукӏанилан. Лъикӏ мехалъ бицана 50 сон балалде, битӏун гӏумру тӏегьалеб гӏужалда, Аллагьасул бацӏцӏадаб къадаралде щварай Патӏиматил хӏакъалъулъ.\n— Дун разияв вуго дирго лъималаздаса, гьез эбелалъул гьанжеги гьабулеб бугеб адабалдаса, — ян абуна Дибирица.\nАмма гьеб гьедин букӏинчӏого букӏинеги бегьулаан, кинабго рахъалъ лъималазе мисаллъун эмен вукӏинчӏевани. Гьеб гара-чӏвариялдаса хадуб дида лъана цӏияв Дибир. Тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвалелъул, аслияб къагӏидаялда кӏвар кьола гьезул хӏалтӏи-ишалде. Диейин абуни, кӏудияб асар гьабуна тохтурасул рухӏияб рахъалъ. Унго-унгояв тохтурасе, тӏоцебесеб иргаялда, къваригӏунеб батила гьелъул бечелъи.\nБицана Дибирица Хӏамзатил Расулилгун букӏараб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги.\n— Гьес гӏумруялъул гӏемерал дарсал кьуна дие. Захӏматал лахӏзатаз дир пикрабалъе вачӏунаан ва гьанжеги вачӏуна кӏудияв шагӏир.\nДурго гӏумруялъулъ жакъа щиб дуца хисизабизе букӏараб, гьелъул кинаб бутӏаялдаса дуца инкар гьабилеб букӏараб абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Дибирица:\n— Дица дирго гӏумруялъул цохӏониги бутӏаялдаса инкар гьабилароан. Гьеб буго дицаго тӏасабищараб нух. Щивасул рукӏуна талихӏалги талихӏкъосаралги лахӏзатал. Нилъеца гьезул цонигиялдаса инкар гьабизе бегьуларо. Гьезул щибалъулъ буго жинди-жиндир хаслъи. Гьез нилъ гӏемераб жоялда тӏад ургъизе тӏамула. Масала, Патӏиматил хвелалъ гӏумруялъул хӏакъалъулъ дир рукӏарал пикраби хисизаруна.\nТохтурлъиялде тӏамурал галаби\nГӏумруялъул хӏакъалъулъ гара- чӏвариялдаса хадуб, Дибирица бицана хъахӏаб халгӏаталъе даимаб сайгъатлъун хутӏараб жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ.\n— Гьитӏинго бижана дилъ тохтурлъун вахъине анищ. Цӏалана Буйнакскалъул медучилищеялда, гьелдаса хадув — Дагъистаналъул мединституталда. Институт лъугӏидал, цӏалана урологиялъул ординатураялда. Цӏалулъги хадуб хӏалтӏулъги дица дирго унго-унгояв учительлъун рикӏкӏуна институталъул профессор Малик Махӏачев. Гьесул дарсал щвечӏелани, жакъа дун гьадинавлъун вукӏинчӏого вукӏинеги бегьулаан. Гьес жинцаго кьуна дие тема ва гьелда тӏад хӏалтӏейиланги лъазабуна.\nДир гӏелмияв нухмалъулевлъун вукӏана Хӏариколоса Арбулиев Мухӏамад. Гьезул хӏаракаталдалъунги дирго жигарчилъиялдалъунги дун вахъана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъун. Чанго соналъ хӏалтӏана республикаялъул централияб больницаялда урологиялъул кафедраялда, гьабуна гьелъиеги нухмалъи, хӏалтӏана отделениялъул нухмалъулевлъунги.\n1993 соналъ, доб заманалда сахлъицӏуниялъул министрлъун вукӏарав Ибрагьим Мухӏамадовасул жигаралдалъун рагьана республикаялда урологиялъул центр. Гьебго соналъул 18 октябралдаса нахъе дун хӏалтӏулев вуго гьаб централда. Цин хӏалтӏана отделениялъул нухмалъулевлъун, хадув — бетӏерав тохтурлъун.\nБерцинаб хъизамалъул хважаин\nДибирил буго берцинаб хъизан. Инсул нух тӏасабищана цӏикӏкӏарав вас Гъазимухӏамадица. Гьевги ккола централъул отделениялъул нухмалъулев. Цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатасул диссертация. Яс Аминатги ккола функционалияб диагностикаялъул тохтур. Хӏалтӏулей йиго гьенийго. Гьезул буго жидерго хъизан-рукъ. Гьеб берцинаб хъизамалъул хважаин Дибирица гӏемер данде ракӏарула лъимал. Свине толеб гьечӏо гьес талихӏалъул гъасда Патӏиматица бакун тараб цӏа. Хадусев вас Хӏажи цӏалулев вуго МГУялъул аспирантураялда. Гьединго кӏудияб адабгун ва рокьигун рехсана гьес жиндирго лъималазул дахӏабаба, Патӏиматил эбел Арайчул цӏарги.\nРеспубликаялъул\nбетӏерав уролог\nРуго Дибирил шапакъаталги. Гьев ккола Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур. Щвана гьесие Россиялъул президентасул Хӏурматалъул грамотаги. Дибир ккола Дагъистаналъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бетӏерав урологги.\n— Щивав чиясда тӏадаб буго жиндирго сахлъиялда хадуб халкквезе, гьединлъидал абизе бокьун буго, 40 сон баралдаса нахъе кӏвар кье нужерго сахлъиялде, нахъбахъун тоге — щва киналго специалистазухъе, гьабе диспансеризация. Унти чорхолъ бессизегӏан чӏечӏого, гӏедегӏе тохтурасухъе, — ян малъа-хъвай гьабуна тохтурас.\nЖакъа урологияб централда\nДагьаб цебе республикаялде рачӏун рукӏана Россиялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул специалистал. Гьезда гьоркьов вукӏана урологиялъул НИИялъул директор Олег Аполихинги. Гьес лъикӏаб къимат кьуна Дагъистаналъул урологияб централъул хӏалтӏуе.\nУрологиялъул институтгун цадахъ хӏадур гьабураб программаялда рекъон, 2014 соналдаса нахъе республикаялда кӏудияб кӏвар кьолеб буго бихьиназул сахлъиялде. Унтарал рикьулел руго лъабго къокъаялде. Тӏоцебесеб къокъаялде гъорлъе уна хехаб медицинаялъул кумек къваригӏарал унтарал. Хадусел къокъабазде — сахгьари кӏиго-лъабго соналъ нахътӏамун тезе бегьулел унтарал. Централъул планалда рекъон, тӏоцебесеб иргаялда, халгьабулеб буго мугӏрузул районазда ругел унтаразул. Дагь-дагьккун ирга киназдего щвезеги буго. Гьезул буго хьвадулеб мобильнияб центрги. Гьенир руго УЗИ-аппаратги, мини-лабораторияги. Гьединго клиникаялда руго ургьисалабазда жанир лъугьарал ганчӏал гъурулел хасал аппаратал, босизе ракӏалда буго рентгеналъул цӏияб техника. Гьелъие хас гьарун хӏадурарал специалисталги руго. Цебе, институт, интернатура лъугӏун хадуб, урологасул сертификат щвезе ккани, лъабго моцӏалъ цӏалани гӏолаан. Гьанжейин абуни, цӏализе ккола кӏиго соналъ клиникияб ординатураялда. Республикаялъул 52 районазул 17-ялда гурони гьечӏо тохтур-уролог. Киназего гуро бокьулеб рикӏкӏада ругел районазде хӏалтӏизе инеги. Гьединлъидал урологазул хӏалтӏиги хурургаз гьабизе кколеб буго.\n«Гьелъие хирургал цӏалула нижер централда кӏиго анкьил курсазда, цӏакъго захӏматго унтаразе кумек гьабизегӏаги букӏинелъун», — ан абуна Дибирица.\nХадурагӏи\nГьалеха лъугӏана Дибирилгун букӏараб гара-чӏвари. Цӏакъ бокьун букӏана жеги-жеги гьес бицунелъухъ гӏенеккизе. Амма бихьулеб букӏана гьев унтаразе хӏажат вугевлъи.\nГьединав вуго хъахӏаб халгӏаталъул къадру цӏунарав, магӏарул миллат жиндаса чӏухӏизе бегьулев, Россиялъул урологазул гӏуцӏиялъул член Хӏажиев Дибирдада.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1450-dag-istanal-ul-gidroenergetika", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1450-dag-istanal-ul-gidroenergetika", "title": "Дагъистаналъул гидроэнергетика", "date": "2018-04-23 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "19 ГЭС базе буго\nРугел ресазул анцӏго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечӏо\nМугӏрузулаб тӏабигӏатги гьарзаял гӏорал-лъаралги рукӏиналъ Дагъистаналъул чӏахӏиял ресал ва кӏудияб букӏинесеб буго гидроэнергетикаялъул рахъалъ. Нилъер ракьалда буго чӏахӏиялги гӏисиналги ГЭСал разе бегьулеб 6600 гӏор ва лъар. Гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазда бихьизабулеб буго ругел ГЭСазде тӏаде цӏиялги рани, рес бугин лъагӏалида жаниб 55 миллиард килловатт-сагӏат къуват электроэнергиялъул букӏинабизе. Гьанжейин абуни, гидроэнергетика цебетӏезабиялъе ругел ресазул анцӏго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечӏо. Жакъайин абуни, республикаялда бугеб анцӏила анкьго гидроэлектростанциялъул лъагӏалие бугеб къуват бащалъула 1785 килловатт-сагӏаталда.\nТарихалдаса хӏужаби\n1925 соналда СССРалъул Госпланалъ тасдикъ гьабуна Дагъистан электрофикациялдалъун хьезабиялъул программа. Гьениб бихьизабун букӏана гӏаммаб къуват 3950 киловатт-сагӏат бугеб анцӏила микьго гьитӏинаб гидроэлектростанция базе. Ленин чӏаго вугеб мехалда гьабураб Россия электрофикациялдалъун хьвезабиялъул (план ГОЭЛРО) планалда гьоркьобги букӏана гьеб. Гьелдаса хадуб гидроэлектростанциял раялъе Сулахъ гӏоралъул ва гьелъул гӏаркьалабазул ругел ресазул инженериял цӏех-рехал гьаризе Дагъистаналде рачӏана СССРалъул Главгидростроялъул Москваялда бугеб отделениялъул инженерал-гӏалимзаби. «Ленгидропроект» гӏелмиябгун цӏех-рехазул институталъул Чӏегӏергӏоралда ГЭС базе бегьулеб бакӏ цӏехолел рукӏарал инженеразда хьергебдерил, хъвартихьунисезул чӏахӏиял чагӏаз бицана хъвартихьунисезул къварилъухъ Кавказалъул рагъул заманалда имам Шамилица гӏорги къан, лъим жанибе сверун букӏараб бакӏалъул. Гӏор къан букӏана, Хьаргабисан Шамилил боялда хадур рачӏунел пачаясул аскариял тӏаде щолелъул, сангарги кьвагьун хӏор гьезде тӏаде биччазе. Гьеле гьеб бакӏалда ГЭС базе хӏукму ккана инженеразул.\n1928-1929 соназда букӏинесеб Хьаргаби ГЭСалъе цӏех-рехалъулал, хӏадурлъиялъул хӏалтӏаби гьаруна, 1930 соналъул авалалда байбихьана ГЭС базе. 1940 соналда хӏалтӏизе биччана Хьаргаби ГЭС. Кавказалдаго тӏоцебесеб Хьаргаби ГЭСалъ кӏудияб бутӏа лъуна республикаялъул экономика, промышленность, культура, рукӏа-рахъин цебетӏезабиялъулъ. Лъабкъоялда анцӏго метралъ борхалъиялъул бетоналъул сангарги бугеб Хьаргаби ГЭС букӏана СССРалда ва Европаялда тӏоцебесеб, цӏияб къагӏидаялда бараб гидротехникияб хӏалбихьиялъул станциялъун.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьилалде цебе, араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда Дагъистаналъул районазда ва росабалъ рана гьитӏинал электростанциял, гьезда колхозиял электростанциялийиланги абулаан. Кинабниги бан букӏана кӏикъоялда анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун станция. Лъабкъоабилел соназул авалалде щвезегӏан цо-цоял хӏалтӏулел рукӏана. Ахиралда гьел рехун тана.\nЧӏахӏиял ГЭСал\n1933 соналда «Ленгидропроект» институталъ дунялалдаго бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб Сулахъ гӏор чвахулеб гъваридаб жаниблъиялда (каньоналда) Чӏикӏаб росдада гӏагарлъухъ кӏудияб ГЭС баялъе цӏех-рехал гьарун рукӏана. Гьеб баялъе квалквал гьабуна рагъ багъариялъ. Рагъги лъугӏун хадуб, лъабкъоабилел соназул авалалда Сулахъ гӏурул къварилъухъ ГЭС баялде тӏадруссана. Гидроэлектростанция бани росу хӏорил тӏинде ккезехъин бугел чӏикӏасезе гьеб къабуллъулеб букӏинчӏо. Амру гьабун росулъа цӏияб бакӏалде гочунел чагӏиги чӏикӏасел рукӏинчӏо. Гӏадатияб росу букӏинчӏо Чӏикӏаб. Гьеб букӏана бечедаб, Дагъистаналъул тарихалда лъалкӏ тараб, жанир гӏемерал гӏалимзабиги, наибзабиги, бахӏарзалги рахъараб кӏудияб росу. Гӏемерал сапарал гьаруна чӏикӏасезухъе росу рехун тун цӏияб бакӏалде гочине ккеялъул гьаригун. Гьеб заманалда Москваялъ хӏукму гьабун букӏана Дагъистаналда Гъизилюрт шагьаралда аскӏоб атомалъулаб электростанция базеги. Гьеб букӏана нилъер гьаниб экологиялъеги лъикӏаб асар гьабулареб, халкъалъеги къабулаб гуреб план. Амма Гӏабдурахӏман Данияловасда кӏвана гидроэнергетикаялъе республикаялда ругел ресазул бицун, атомалъул электростанция Дагъистаналда бачӏого тезабизе. 1969-1977 соназда Дагъистаналда базе хӏисабалде босун букӏараб атомалъулаб электростанция бана Эрмениялда. Гьаб нухалда Чӏикӏаре арал Гӏабдурахӏман Данияловасда ва Хӏажимурад Хашаевасда кӏвана чӏикӏасел мукӏур гьаризе. Гьез цӏияб росу базе тӏасабищана Гъизилюрт – Буйнакск шагьранухда аскӏоб бугеб Берцинаб авлахъ абураб бакӏ. Минаби разеги, гӏарцулаб ва чӏикӏасез церелъурал цогидал шартӏалги пачалихъалъги тӏуразаруна. Палхӏасил, 1964 соналда байбихьана Чӏикӏаб ГЭС баялъул хӏалтӏаби. Гьеб лъазабун букӏана Тӏолгосоюзалъулаб кӏваралъул балеб бакӏлъун. 1974 соналъул ахиралда хӏалтӏизе биччана ГЭСалъул тӏоцебесеб агрегат, 1975 соналда кӏиабилеб ва лъабабилеб агрегатал. 1976 соналда, ункъабилеб агрегатги хӏалтӏизе биччан, тӏубараб къуваталда хӏалтӏана ГЭС. Дунялалда тӏад бугеб къоло щуго бищун рорхатал сангарал, плотинаби ругел ГЭСазда гьоркьоб Чӏикӏаб ГЭС буго анцӏила цоабилеб бакӏалда. Россиялда ва СНГялда гьеб буго бищунго борхатаб сангаралъул ГЭС. Гьелъул борхалъи буго 232,5 метр.\nРихьуни ГЭС. Тӏоцебесеб агрегат хӏалтӏизе биччана 1998 соналда, кӏиабилеб агрегат — 2001 соналда. Сангаралъул борхалъи буго 101 метр, халалъи — 313 метр. Бан буго Аваргӏоралда тӏад.\nГъуниб ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2005 соналъул 6 маялда. Гьелъие кьун буго Расул Хӏамзатовасул цӏар. Сангаралъул борхалъи буго 73 метр, халалъи — 59 метр. Бан буго Чӏегӏергӏоралда тӏад.\nГьоцӏалъ ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2016 соналда. Сангаралъул борхалъи буго 68 метр, халалъи — 290 метр. Бан буго Аваргӏоралда тӏад.\nГӏисинал ГЭСал\n1. Чирюрт ГЭС-1. Хӏалтӏизе биччана 1961 соналда. Бан буго Сулахъ гӏоралда тӏад.\n2. Чирюрт ГЭС-2. Хӏалтӏизе биччана 1964 соналда. Бан буго Сулахъ гӏоралда тӏад.\n3. Миякьоб ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 1986 соналда. Бан буго Сулахъ гӏоралда тӏад. Сангаралъул борхалъи 73 метр. Гьеб ГЭС ва сангар баялъухъ «Чӏикӏаб ГЭСстроялъул» инженеразул къокъаялъе кьуна СССРалъул ВДНХялъул меседил медалал.\n4. Къурушалъул ГЭС. 1951 соналда бан букӏараб колхозазда гьоркьосеб электростанция цӏигьабун хӏалтӏизе биччана 1986 соналда. Бан буго Усухчай гӏоралда тӏад.\n5. Ахтиялъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 1997 соналда. Бан буго Самур гӏоралда тӏад.\n6. Агъулалъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2006 соналда. Бан буго Чирахчай гӏоралда тӏад.\n7. Магиналъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2006 соналда. Бан буго Самур гӏоралъул рикьел Маикчаялда тӏад.\n8. Аракулалъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2007 соналда. Бан буго Хиривалю гӏоралда тӏад (Рутул район).\n9. Амсаралъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2007 соналда. Бан буго Магичай гӏоралда тӏад (Рутул район).\n10. Шиназалъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2007 соналда. Бан буго Шиназчай гӏоралда тӏад (Рутул район).\n«Русгидро» ОАОялъул Дагъистаналъул филиалалъ разе хӏисабалде росарал гьитӏинал ГЭСал:\nКурми, Магъар, Ахти-2, Цӏадахӏариб, Рутулалда, Тӏинди, Темиргӏоралда, Мазада, Агъвали, Цӏумада-гӏурухъ, Болъихъ, Инхо, Къорода-кьода, Советское-1, Советское-2, Авар, Бацӏада, Хьаргаби-1, Хьаргаби-2.\nСейсмологаз абулеб буго Дагъистан, тӏолабго Кавказго гӏадин, сейсмическияб поясалда бугеб бакӏ бугин, ай ракь багъари букӏине бегьулин, гьединлъидал гӏисинал гидроэлектростанциял разе кколин. Чӏахӏиял ГЭСал ран, ракь багъарун хадуб гьезие жагъаллъи ккани, ГЭСазул лъим къватӏибе борчӏун хадуб зарал кӏудияб букӏин бичӏчӏулеб жо буго. Экономикияб рахъалъги гӏисинал ГЭСал рай буго цӏикӏкӏун харжал, захӏмат тӏад унареб иш.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "1451-respublikayal-ul-giutsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1451-respublikayal-ul-giutsii", "title": "Республикаялъул гӏуцӏи", "date": "2018-04-23 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул Пачалихъияб Совет\nXX гӏасруялъул ахирал соназда Дагъистаналда ккана батӏи-батӏиял лъугьа-бахъинал. Жакъасеб къоялъул борхалъудаса балагьун абизе бегьила, нилъее щваралдаса нилъехъа бахъун араб гӏемераб букӏанин дол соназда. Амма камун рукӏинчӏо лъикӏал рахъалги. Гьезул цояб ккола республикаялъул пачалихъияб гӏуцӏарухъанлъи.\nКӏиго нухалда референдумазда президентлъиялдаса инкар гьабураб Дагъистаналда гӏуцӏана Пачалихъияб Совет. Гьедин абулаан 1994-2006 соназда республикаялда гӏуцӏараб пачалихъияб кверщалил тӏадегӏанаб идараялда. Гьеб гӏуцӏун букӏана цӏияб Конституциялъул кьучӏалда, Дагъистаналъул Верховный Советалъ 1994 соналъул 16 августалда гьабураб хӏукмуялда рекъон. Щай Дагъистаналъул халкъазе республикаялда президент вукӏине бокьун букӏинчӏеб? Щайгурелъул гьеб дандекколароан миллатал гӏемераб республикаялъул халкъазул тӏабигӏаталде. Халкъалъул вакилзабаз загьир гьабулеб букӏана гьелъ республика цебе бачиналъулъ цо хасал шартӏазда кӏудиял гъалатӏал ккезаризе рес бугилан абураб пикру. Гьединлъидал политиказда ва гӏалимзабазда батана президентасул ва парламенталъул гӏаламатал жиндилъ ругеб коллегиалияб гӏуцӏи. Гьелъул тӏокӏлъи букӏана Дагъистаналъул киналго халкъазе республикаялъул гӏумрудулъ битӏахъегояб гӏахьаллъи гьабизе рес щвеялъулъ.\nИсана 12 сон тӏубана Пачалихъияб Советалъул гӏуцӏиги тун, президентасул, хадуб республикаялъул бетӏерасул кверщалида нухмалъи гьабулеб къагӏидаялде Дагъистан бачӏаралдаса. Гьелде жанире унаан Дагъистаналъул халкъазул вакилзабилъун жал кколел, Конституциялъулаб Собраниялде вищарав 14 чи. Гьезде гъорлъе унаан Пачалихъияб Советалъул председательги республикаялъул хӏукуматалъул председательги (Советалъул председателасул заместитель хӏисабалда). Гьединаб гӏуцӏи, идара дол соназда Россиялдаго букӏинчӏо ва гьеб ккана тӏоцебесеб хӏалбихьилъун. Пачалихъияб Совет хӏакъикъаталда букӏана республикаялъул парламенталда гьечӏеб «Миллатазул палатаялъул» бакӏ. Гьеб букӏана Дагъистаналда демократия цебетӏеялъул хӏасиллъунги.\nДагъистаналъул Пачалихъияб Совет бищана 1994 соналъул 26 июлалда, 449 чиясдаса гӏуцӏараб Конституциялъулаб Собраниялъ. Гӏицӏго гьелъул членал гурелги, собраниялде ахӏун рукӏана Совет Союзалъул, Россиялъул, Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарзал, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи, республикаялъул жамгӏиял, гӏелмиял, диниял хӏаракатчагӏи.\nПачалихъияб Советалъул председательлъун вищана ахиралде щвезегӏан гьеб хъулухъалда хӏалтӏарав Мухӏамадгӏали Мухӏамадов. Хӏакъикъаталдаги гьеб букӏана нилъер республикаялъе цо чияс гуреб, цадахъаб нухмалъи гьабулеб ва гьабулеб ишалъулъ гъалатӏал риччангутӏиялъе ресал кӏудияб идара. Гьелъ гьарулел хӏукмабиги кидаго дандран, рорцун, къотӏун, гьаркьие лъун гурони къватӏире рахъулароан.\nТӏоцебе гьеб идара бищун букӏана 4 соналъул болжалалда. Республикаялъул хӏукуматги гӏуцӏулаан Пачалихъияб Советалъ, гьелъул (хӏукуматалъул) председателас кьураб сияхӏалда рекъон, гьединлъидал кидагосеб хӏалтӏулъ хӏукумат гьелъие мутӏигӏабги букӏана. Гьелъго рекъезабулаан республикаялда рукӏине кколел министерствабазул, комитетазул ва цогидалги хӏажалъулел кверщалил гӏуцӏабазул къадарги. Абизе ккола, Дагъистаналда гьел кидаго дагьал рукӏинчӏин. Нилъер республикаялда министерствабазул къадар, цо-цо къватӏисел пачалихъазулалдасаги цӏикӏкӏарал рукӏана ва гьанжеги гьедин буго. Масала, жакъасеб Америкаялъул хӏукуматалъ жанибе бачуна 15 министерство, гьедигӏанго руго гьел Германиялдаги. Россиялда гьезул къадар бахуна 22-ялде. Дагъистаналдайин абуни, ахириял хиса-басиял хӏисабалде росичӏони, комитеталгун цадахъ буго гьединаб 23 идара.\nГьединлъидал гьанибго бачӏуна гьел идарабазда хӏалтӏулел гӏадамазул къадаралъул рахъалъ суалги. Ракӏалда буго, 1993 соналда, дица хӏадур гьабун, басмаялда бахъун букӏана «Базаралъул шартӏазда пачалихъиял идарабазул кадраби гӏезариялъул хӏакъалъулъ» абураб тӏехь. Дица гьениб хӏаракат бахъун букӏана гьеб суалалда сверухъ нилъер республикаялъул бугеб ахӏвал-хӏал Россиялда цадахъго Америка, Англия, Япония гӏадал улкабазул хӏукуматазде дандекквезе. Гьелъ бихьизабуна, дунялалдаго борцунеб къагӏидаялда, щивав анцӏазарго чиясде данде нилъер хъулухъчагӏазул къадар гьезулалдаса нахъеккараб гьечӏеблъи. Гьелдаго цадахъ сонал анагӏан, гьезул къадар цӏикӏкӏунебги буго. Хӏакъикъаталдайин абуни, гӏумруялъул магӏнаялда рекъон, гьеб дагьлъизе кколаан, щайгурелъул социализмалъул заманалда пачалихъалъ кинабго жиндего тӏаде босун букӏана. Капиталистиял гьоркьорлъабазул заманалдайин абуни пачалихъалъул кверщаликь хутӏула гьелъухъа гурони, цоги лъихъаго бажаруларел жамгӏияталда гьаризе кколел тӏадал ишал. Масала, доб заманалда киналниги гӏадамал жанир квана-гьекъолел идараби рукӏана пачалихъалъул, жамгӏияб транспорт букӏана гьелъулго тӏалабалда. Гьанжейин абуни, гьел ва гӏемерал цогидалги жал ккола гӏадамазда жидедаго тӏадаб борчлъун.\nЖакъа экономика цӏуна-къараблъун букӏине ккелилан бицунаго, гьеб суалги кӏочене бегьиларо.\nРеспубликаялъул Пачалихъияб Советалъ жиндир щибабкъойилаб хӏалтӏи билълъанхъизабизе Советалъул администрациялда чӏезарун рукӏана гьелъие къваригӏунел гӏуцӏабиги.\nПачалихъияб Советалъ Халкъияб Собраниегун цадахъ рихьизарулаан республикаялъул жанисеб ва къватӏисеб политикаялъул аслиял рахъал. Гьелъ гьединго, хӏукуматалъул председателасул пикрабазда рекъон, гӏуцӏулаан Дагъистаналъул хӏукумат: Халкъияб Собраниялде кьолаан Конституциялъул Судалъул рукӏинесел гьелъул членазул, Верховный Судалъул Арбитражияб Судалъул ва гьединго районазул, шагьаразул судазул председательзабазул ва гьезул судиязул сияхӏ, республикаялъул прокурорлъун, Централияб банкалъул нухмалъиялда толезулги дандбалаан суал.\nРеспубликаялъул Пачалихъияб Советалъ гьабулаан хӏукумат ва гьелъул членал нахъе ритӏизе хӏукмуги. Пачалихъияб Советалъ, хӏукуматалъул председателасул бихьизабиялда рекъон, гӏуцӏулаан республикаялъул идарабазул структураги, дандралаан кадраби тӏасарищиялъул ва пачалихъиял шапакъатал кьеялъул суалалги.\nКъокъго абуни, Пачалихъияб Советалъ кӏудияб гали лъуна Дагъистаналда демократия цебебачиналъе, гӏемермиллатазулаб республикаялда гьелъ рес кьолаан щибаб миллаталъул вакиласе гьеб халкъалъул рахъалдасан кӏвар бугел суалал лъезе, гьезда тӏасан хӏукму гьабизе ва гьеб гӏумруялде бахъинабиялда хадуб халкъалъул цӏаралдасан хъаравуллъи кквезеги.\nПачалихъияб Советалъул цоги лъикӏаб рахъ букӏана гьелъул бетӏерлъуда цо миллаталъул чи цо нухалда гурони бетӏерлъун вукӏине бегьунгутӏи, амма хадуб гьеб хисизабуна. Гьеб шартӏ буго жакъагицин Дагъистаналъул Конституциялде ккезабизе рекъараб.\nАмма Пачалихъияб Совет республикаялъул кверщалил бетӏераб идара букӏаниги, Дагъистаналъул Конституциялда гьеб кинаб бугониги идараялъе мутӏигӏаб бугилан, яги республикаялда бугеб жамгӏияб, экономикияб ва социалияб ахӏвал-хӏалалъул лъиданиги цебе гьелъ жаваб кьезе кколин хъвараб бакӏ букӏинчӏо. Гьеб киналъулго жаваб кьезе тӏаде кколаан хӏукуматалде.\nДагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ 2006 соналъул 20 февралалда гьабураб хӏукмуялда рекъон, Пачалихъияб Советалъул ва гьелъул председателасул ишазе ахир лъуна. Дагъистан бачӏана президентасул нухмалъиялде. Гьеб лъикӏищ яги квешищ ккарабали заманалъ бихьизабила.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "1452-zhamgiiyab-transport", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1452-zhamgiiyab-transport", "title": "Жамгӏияб транспорт", "date": "2018-04-23 00:00:00", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Кумек гьечӏого тӏубаларо\nИсана тахшагьаралъул маршрутазда хӏалтӏизе байбихьана 45 цӏияб автобус\n«Ракӏалда буго, 2018 соналъул кӏиабилеб ва лъабабилеб кварталазда шагьаралъул маршрутазде жеги тӏадеги 90 цӏияб автобус биччазе. 2017 соналда тахшагьаралъул транспорталъулал компанияз бюджеталъе кьун буго 1801700 гъуруш, страховиял фондазде — 2611700 гъуруш», — ан бицана нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Махӏачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъулаб №2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас. Рехсараб предприятиялъул хӏалтӏул хӏасилазул, церечӏарал масъалабазул ва тӏуразаризе кколел суалазул хӏакъалъулъ букӏана директорасулгун гьабураб гара-чӏвариги.\n— Юсуп, бокьилаан лъазе предприятиялъул, материалиябгун техникияб базаялъул, специалистазе чӏезарун ругел шартӏазул хӏакъалъулъ.\n— Нижер гаражалда буго 68 автобус: 60 «Нефаз» ва 8 «МАЗ». Руго хӏажатал мастерскаял, ва гьенир хӏалтӏулел руго махщел камилал автомеханикалгун слесарал. Гьел киналго предприятиялъул столоваялда чӏорого кваназеги гьарула.\n— Щибаб къоялъ чан автобус къватӏибе бахъунеб?\n— Къойилго гӏадин маршруталде бахъуна 37-40 автобус. Жакъа тӏокӏаб ресги гьечӏо гьезул къадар цӏикӏкӏинабизе. Щайгурелъул, цеве вукӏарав нухмалъулесул тӏалаб гьечӏолъиялдалъун, хвезе тун буго 22 «Нефаз» автобус, хутӏаралги ремонталда руго. Шагьаралъул администрациялъ рагӏи кьуна исана 80 автобус босизе.\n«Нефаз» автобусал рукӏана заводалъ хӏалбихьизелъун къватӏире риччарал ва гьезулъ тӏатана гӏемерал гӏунгутӏаби. Гьединлъидал, абулеб буго, заводалъ гьел тӏокӏалъ къватӏире риччазеги гьечӏилан. «МАЗ» автобусал руго нилъер нухал хӏехьолел. Тахшагьаралда жанир гурелги, гьел автобусал хьвадула Богатыревкаялде, Шамхалалде, Шамхал-Терменалде, Сулахъалде, Цӏияб Косаялде, Шаваялде ва Назраналде.\n— Махӏачхъалаялъулазул гӏарз букӏуна шоферзаби хъачӏго кӏалъалин, гьез рекӏаразулгун дагӏба гьабулин. Кин гьел хӏалтӏуде росулел ва кин жавабчилъи тӏалаб гьабулеб?\n— Нижеца хӏалтӏуде росула лъабго соналъул хӏалбихьи бугел чагӏи. Хӏалтӏуде росун хадуб, 80 сагӏаталъ гьел хьвадизе ккола нижеца тӏобитӏулеб стажировкаялде. Хӏалтӏуде иналде цеве, щибаб къоялъ щивав шоферасулгун бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏиги гьабула. Гӏадамазул гӏарз бачӏани, шоферасе премия кьоларо ва гъуршидалъун тамихӏги гьабула.\n— Автобусалъул техникиял гӏунгутӏабигун, тохтурас сахлъиялъухъ халгьабичӏого ва документал гьечӏого, шофер маршруталде ине рес букӏунищ?\n— Маршруталде иналде ва тӏадруссун рачӏарабго, дежурнияв механик, балагьула щибаб автобусалъул техникияб ахӏвал-хӏалалъухъ, тохтурас халккола шоферасул сахлъиялда хадуб. Автобусалда гаражалдаса къватӏиве вахъиналде, диспетчерас халгьабула гьесул документазухъ. Автобусалда жанив пассажир хвани, компенсация хӏисабалда, кьола кӏиго миллионгун 250 азарго гъуруш. Масала, лъил бугониги килищ беканицин компенсация кьола.\n— Телевизоралдасан рихьизарулел рукӏана туркменазул шагьаразда ругел автобусал чӏолел бакӏал. Гьел ругоан цӏакъ санагӏатал, хӏатта кондиционер, телевизор гӏадал жалаздалъун хьезарурал. Нилъер анир ругезул бицинчӏониги лъалелъулха, бокьилаан лъазе гьеб рахъалъ кида гӏадлу букӏине бугебали?\n— Гьел бакӏал раялъул, къачӏаялъул ва рацӏцӏадго чӏезариялъул иш тӏаде ккола шагьаралъул администрациялде. Гьедин бугониги, нижеца шагьаралъул администрациялда зама-заманалдаса ракӏалдещвезабула гьеб масъала хӏехьезе кӏолеб хӏалалдаса ун букӏин.\n— Автобус бачӏиналъухъ балагьун кигӏан заман базе кколеб?\n— Анцӏго минут гьоркьоб биччан автобус гьеб чӏолеб бакӏалде, ай остановкаялде бачӏине ккола. Гьединаб графикалда хадуб халккола ункъо диспетчерас. Цо-цо мехалда автобусал кватӏиялъе гӏилла ккола нухазда рукӏунел хӏалкъаял (пробкаби).\n— Нужер автобусазда бугищ спутникалъулаб бухьен?\n— Киналго автобусазда буго «Глонас» абулеб бухьен. Гьелъул кумекалдалъун Интернеталдасан щибаб автобусалъулгун бухьен букӏуна. Жакъа «Глонасалъул» база буго «Автоколонна 1736» ОАОялъул гаражалда. Гьединлъидал бухьеналдаса букӏине кколедухъ пайда босизе рес гьечӏо ва ракӏалда буго кӏварабгӏан хехго «Глонасалъул» база нижерго гаражалде бахъинабизе.\n— «Метан» абун тӏад хъварал автобусал хӏалтӏизе байбихьун тӏоцересел моцӏазда репродуктораздасанги «бекерулеб мухъалъги» гьел лъалхъулел бакӏал лъазарулаан, ракӏгъеялъе мониторал хӏалтӏулаан, салоназда жаниб рацӏцӏалъи букӏунаан. Жакъа гьеб кинабго гьечӏо, мониторал хӏалтӏуларо, салоназда жаниб, хасго къалъудаса хадуб, чороклъиги хӏурги букӏуна. Нужеца кӏвар кьоларищ гьел гӏунгутӏабазде?\n— Автобусазул салоназда жанир ругел мониторал ккола, нижергун къотӏи-къайги гьабун, рекламниял агентствабаз лъурал. Гьел хӏалтӏи-хӏалтӏунгутӏиялъул иш рекламачагӏазда бараб букӏуна. Лъалхъизабулеб бакӏ лъазабулеб «бекерулеб мухъалъул» электронияб система къачӏазе ихтияр букӏунаро заводалъул специалистазул гурони. Гьел къачӏалел руго ва кватӏичӏо хӏалтӏизе риччала. Лъалхъизабулеб бакӏ гьаркьидалъун лъазабиги салоналда жаниб рацӏцӏалъи чӏезабиги ккола нижер иш. Ункъо хӏалтӏухъанас чурула автобусал маршруталде инелде цере. Къойида жаниб 600-650 чи ваччулеб автобус чороклъичӏого хутӏуларо, нилъер гӏадамазул «культураги» лъалелъулха.\n— Харжаздаса рази ругищ шоферзаби?\n— Шофер хӏалтӏула къо гьоркьоб бахъун. Хӏукуматалъул дотацияги щвечӏони, пассажиразухъа анцӏго гъуруш гурони босизеги бегьичӏони, шоферасе лъикӏаб харж кин кьелеб? Гьесул харж буго 15-17 азарго гъуруш.\n— Нужер хӏалтӏуе сунца квалквал гьабулеб бугеб, церечӏарал масъалаби кинал ругел?\n— Жамгӏияб пассажиразул транспорт хӏукуматалъул кумек гьечӏого тӏубаларо. Нижер автобусал рикӏкӏуна социалияллъун, ай ресукъал чагӏазе учузаб транспортлъун. 2017 соналъ дотациялъе кьезе кколеб букӏараб 64 миллионги, исана кьезе кколеб 19 миллионги жеги кьечӏо. Нижер предприятиялъул 31 «Рено» таксиги кӏиго «Мерседес» микроавтобусги арендаторасе цӏакъ учузго ричун ратана цеве вукӏарав нухмалъулес. Цо мисал, 2500000 гъуршиде босараб, кӏиго соналъ гурони хӏалтӏичӏеб цӏияб «Мерседес» микроавтобус бичун буго 27 азарго гъуршиде. Судалдеги кьун, гьеб транспорт предприятиялде тӏадбуссинабизе къеркьолев вуго дун.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1453-makhiachkh-alayal-e-gaburab-sajg-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1453-makhiachkh-alayal-e-gaburab-sajg-at", "title": "Махӏачхъалаялъе гьабураб сайгъат", "date": "2018-04-23 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Машинаби-пылесосаз» рацӏцӏад гьаризе руго тахшагьаралъул къватӏал\nГьал къоязда Дагъистаналде рачӏарал къватӏал рацӏцӏад гьарулел машинабазухъ балагьана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов. «Нилъее къваригӏун буго моцӏазги къотӏноб бегун хутӏулеб кьишниялдаса Махӏачхъала эркен гьабизе. Хӏасил лъикӏаб ккани, жеги техника бачӏинабила», — ян абуна гьес.\nМахӏачхъалаялъул мэрасул ишал тӏуралев Абусупян Хӏасановас абуна гьабсагӏаталда бачӏун бугин лъабго машина. «Гьеб буго республикаялъул хӏукуматалъ тахшагьаралъе гьабураб сайгъат. Гӏагараб заманалда жаниб бачӏине буго жеги анлъго машина. Цо машинаялъ хисула 30 хӏалтӏухъан», — ин абуна гьес.\nИсана лъабабилеб апрелалдаса нахъе «Цӏияб шагьар» абураб компаниялъулгун къотӏи биххана мэриялъ. Гьебго къоялъ биххана рехсараб компаниялъухъа ижараялъе техника босиялъул хӏакъалъулъ гьабун букӏараб къотӏиги. Кинабго техника кьуна «Горзеленхоз» МУПалъухъе. Гьелъул директор Ражаб Ражабовас лъазабуна тахшагьаралда рацӏцӏалъи чӏезабизе бугин жидер хӏалтӏухъабаз.\nМуса Азаев"}
{"slug": "1454-l-imal-nukhazda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1454-l-imal-nukhazda", "title": "Лъимал — нухазда", "date": "2018-04-23 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Талихӏкъосарал ишал ккечӏого рукӏине\nЛъималазда чара гьечӏого малъизе ккола нухазда хьвадиялъул\nГьоркьоса къотӏичӏого Махӏачхъалаялъул УМВДялъул ОГИБДДялъул хӏалтӏухъабаз шагьаралъул школазул цӏалдохъабазда бицуна нухазда низам цӏунизе кколеблъиялъулги нух бахунаго тӏадал ишазулги хӏакъалъулъ. Гьеб бициналъе гӏиллаги буго, нухкъотӏун унаго, лъимал машинабазде гъоркье кколел рукӏиналъул хӏужаби гӏемерлъулел рукӏин. Масала, исана сон байбихьаралдаса нахъе нухазда авариял ккеялъул хӏасилалда лъукъа-къотӏана 21 лъимер. Бищунго цӏуна-къазе ккола балугълъиялде рахинчӏел лъимал. Гьабсагӏаталдаги Госавтоинспекциялъул бищунго кӏвар цӏикӏкӏараб хӏалтӏилъун ккола лъималазул гӏумруялъе хӏинкъигьечӏолъи букӏинаби. Нухазда ккарал лъугьа-бахъиназул хӏасилалда лъимер хвей яги лъукъи ккола хъизамалъулго къварилъи. Гьединлъидал щивав чияс гьабизе ккола цӏодорлъи. Шоферзабазги цӏунизе ккола нухазда хьвадиялъул низам, гьабизе ккола сабру, гӏедегӏун машина бачиналъ, талихӏкъосарал лъугьа-бахъинал кколеблъи кӏочене бегьуларо.\nНухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул мисал, тӏоцебесеб иргаялда, бихьизабулеб буго чӏахӏияз. Гьез светофоразухъцин сангьабулеб гьечӏо.\nХӏурматиял ракьцоял! Нилъеда бараб буго лъималазул букӏинесеб къисмат. Нилъее киназего бокьула лъимал цӏодорал, лъай-гӏакълу бугеллъун лъугьине, амма гьебго заманалда нилъецаго кумекги гьабула лъималазул гӏумру бигъиналъе.\nХӏурматиял шоферзаби! Кӏваркье лъималазде, нухазда гьезул хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялде — лъимал гӏодорчӏезе рихьизарурал хасал бакӏал руго маршруткабазда жанир, гьелде тӏадеги цадахъго руго хӏинкъигьечӏолъи цӏунулел рачелалги. Гьел хӏалтӏизариялъухъги халгьабе.\nРадик Хӏапизов,\nМахӏачхъала шагьаралда бугеб РФялъул\nУМВДялъул ОГИБДДялъул пропагандаялъул инспектор\nЛъазаби\n«Цӏияб бербалагьи»\nГӏолилазухъа бажаризе ккола жакъасеб къоялъул\nлъугьа-бахъиназе ритӏухъаб къимат кьун\n«Гӏолилазул дунял» абураб регионазда гьоркьосеб жамгӏияб гӏуцӏиялъги, Россиялъул Транспорталъул министерствоялъги, Россиялъул генералияб прокуратураялъги, Россиялъул нухазда хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул рахъалъ МВДялъул бетӏераб управлениялъги лъазабулеб буго «Цӏияб бербалагьи» абураб социалияб рекламаялъул рахъалъ тӏолгороссиялъул конкурс.\nКонкурсалъул аслиял темаби руго гьадинал:\n1) «Ришватчилъиялде данде къеркьей».\n2) «Транспорталда хӏинкъигьечӏолъи цӏуни — щивасул ва киназулго иш».\n3) «Жавабчилъи бугев донор».\n4) «Медицинаялъул тӏадегӏанаб хъулухъалъе киназего руго ресал».\n5) «Нухазда хӏинкъигьечӏолъиялъул рахъккола гӏолилаз».\nКъецалда гӏахьаллъизе бегьула 14-30 сон барал гӏолилал. Гьеб тӏобитӏулеб буго 2009 соналдаса байбихьун. Гьелъие кьучӏ лъурав Евгений Мартыновас абулеб буго гӏолилазухъа бажаризе кколила жакъасеб къоялъул лъугьа-бахъиназе ритӏухъаб къимат кьунги, социалиялгун экономикиял суалал тӏуразарунгиян.\nХӏалтӏаби къабул гьарула 2018 соналъул 20 сентябралде щвезегӏан, конкурсалъул хасаб сайталда бугеб «Социалияб плакат», «Социалияб видеоролик» абураб кӏиго номинациялда рекъон.\nДагьабги мухӏканго къецалъул хӏакъалъулъ цӏализе бегьула гьаб сайталда: http://tvoykonkurs.ru/about/docs"}
{"slug": "1473-daimal-saparazda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1473-daimal-saparazda", "title": "Даимал сапаразда", "date": "2018-04-24 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏаруллъиялъухъ гӏищкъу бергьарай\nЛъимерлъиялъул лъалкӏал\nГӏемерал лъимал ругеб хъизан. Бугищ дунялалда цоги берцинлъи. Сордо-къоялъ рокъоса лъугӏуларел ахӏи-хӏур, релъи-хъуй, гӏода-руцӏцӏин, хадур-цере кӏудиял гӏун рачӏунел лъималаз киса-кирего рахъулел талихӏалъул гӏажаибго берцинал накъишал. Цоял – хурир, цоял — рокъор, цоял — школалда, цогидал — ясли-ахалда. Цинги талихӏаб гъасде цадахъ данделъулеб кӏудияб хъизан.\nГьеб беэдула гӏумруялъул аслияб кочӏоца — эбел-инсул насихӏатазги дахӏабабал малъа-хъваязги, ва гьелъ нилъ нухарегӏула заз-хъарахъалъулги тӏугь-дузулги цӏурал гӏумруялъул нухазде.\nВа цинги – сапарал, сапарал, сапарал… Гьел сапаразда йиго жакъаги Хатимат.\nХӏеренго, недегьго, хӏикматго, гьабсагӏаталдаги цее эхетун йигей гӏадин, бицуна Хатиматица жиндирго къисматалда талихӏ бекӏкӏарай кӏодоэбел Сурхайил Патӏиматил хӏакъалъулъ.\n— Лъимерлъуда гьелъ кьурал гӏумруялъул дарсал, нухде бараб тӏех гӏадин, ратана дида. Кӏодоэбелалъул кӏудияб махщел букӏана кицаби-абияздалъун гаргадизе. Гьелъ щибаб кициялъе мисалги бачунаан. Бокьулаан гьелъул гӏакъилал биценазухъ, харбазухъ гӏенеккизеги. Унго-унгоги, букӏунеб букӏараб лазатха хасалил халатал сардаз, тӏинцӏи-цӏулалъ бакараб печа-лъул ракӏ хӏайран гьабулел бакънахъги гӏенеккун, магӏарул маргьабазул багьадурзабазул гьунаразулги, магӏарул яхӏ-намусги цӏунун цӏадаре кӏанцӏизе хӏадурал ясазул биценазулги, бахӏарчиял васазул ишазулги рагӏизе.\nГьелъго батила дилъ бижараб магӏарул халкъияб кӏалзул гьунаралде рокьиги. Ва кӏодоэбелалъул гӏумруялъул дарсазухъе къойил гьабулеб сапаралъул хӏасиллъун ккола гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация хъвай. Темаги дир букӏана кицабазе сайгъат гьабураб. Сапараз унелъул, нухда батулеб лъел цӏураб гӏеретӏлъун рукӏана ва руго кӏодоэбелалдаса ирсалъе щварал кицабазул, абиязул цӏурал хулжал, — ан бицана Хатиматица.\nБайбихьуда дица бицен гьабураб кӏудияб хъизамалдаса талихӏай магӏарулай йиго Хатимат: микьго яцги цо вацги руго гьезул хъизамалда Кидаго урхъун йикӏунаан дунго кӏудияб хъизамалъухъ. Гӏемераз цадахъ кунеб квандацин букӏунелъулха гӏажаибаб тӏагӏам.\nКӏудияб хъизамалда гӏурал лъималги рукӏуна тарбия щварал. Гьеб бихьула Хатиматилъги. Гьадинаб хӏабургъараб, гӏадамазул цоцаздехун бугеб рокьул багьа учузлъулеб, «намусалъул» чирахъги сун унеб заманалда, дида рагӏичӏо гьелъ кигӏан квешасулги хӏакъалъулъ квешаб рагӏи абулеб. Гьелъ хӏаракат бахъула щивав чиясулъ лъикӏлъиялъул, гурхӏел-рахӏмуялъул къатӏраби ралагьизе.\nТӏоцебесеб – лъай-хъвай\nДоб заманалда цӏакъ бокьулаан магӏарул радиоялъухъ гӏенеккизе. Цо къоялъ дида рагӏана, цӏакъго рекӏее асар гьабулеб хӏалалда чӏужугӏаданалъ рикӏкӏунеб магӏарул кечӏ.\n«Жакъа дида дунго хванилан ккана», — ян абураб Хӏамзатил Расулил кечӏ букӏана рикӏкӏунеб. Ва гьеб рикӏкӏунебги букӏун буго Хатиматица.\nГьей ятана дир курсцояй гьалмагъалъул гьудул. Гьелъул кумекалдалъун дирги Хатиматилги лъай-хъвайги ккана. Гӏемер щолаан дун Хатиматихъе, магӏарул радиоялда гьей хӏалтӏулеб заманалдаги. Бокьулаан магӏарул адабияталъул хӏакъалъулъ гьелъул пикрабазухъ гӏенеккизеги.\nЩибаб хамизалъ дандчӏвала\nЖакъа магӏарулазда Хатимат Мухӏамадова лъала, РГВК телеканалалдасан «Гӏаданги. Гӏамалги. Заманги» абураб передача бачуней журналист хӏисабалда. Гьел передачабазда миллаталъул чӏухӏилъунги бухӏилъунги кколел магӏарулазул хӏакъалъулъ щибаб хамиз къоялъ бицуна Хатиматица нилъее. Гьеб мурадгун журналистка щвечӏеб магӏарул цониги районги батиларо. Кӏудияб талихӏлъун Хатиматица рикӏкӏуна гӏагараб халкъалъ къабул гьайи:\n— Дун даим урхъун йикӏуна магӏаруллъиялъухъ. Гьелъул махӏ чӏвала киса-кибего. Мугӏрул тӏогьаздасан бакъуде данде кенчӏолел гӏазул къатӏраби, гьеб кенчӏеялъухъе гӏедегӏунел гучал накӏкӏал. Заманалдасан гьеб сипат хисула тӏогьода босараб авлахъалда расандулел кьагӏазул гъадиялъги, йокьулелъухъ угьдулеб вехьасул щвантӏихалъул гьаркьихъ хӏасратго гӏенеккараб тӏабигӏатги. Гьеб берцинлъиялда берккелин хӏинкъарай гьелъул сихӏкъотӏиялъулги ахӏи-хӏуралъулги хӏухьбахъи цӏунун бугеб бакъ хисула сардил бахӏарай – шагьримоцӏалъ. Гьелъул берцинлъиялъе хъатчӏвалел цӏик-цӏикарал цӏвабиги. Гьеле гьеб хӏикматалъухъ ралагьун гӏорцӏуларел магӏарулазда бахиллъула дун. Дие гьел ккола Дагъистаналъул каранда кенчӏолел жавгьараллъун. Магӏарулаз гъуна дир жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏуда куркьбал. Гьел куркьбаз магӏарулазухъе щвезабула дир гьезде бугеб рокьи. Щибаб хамизалъ къватӏибе бачӏунеб передачаги ккола нижер рокьул кьо. Гьелъ чӏаголъи кьола дир хӏалтӏуе, — ян бицана Хатиматица.\nГьеб рокьул ссакӏ щулияб букӏин бихьизабуна дагьал церегӏан къояз Поэзиялъул театралде гьелда юбилеялъулаб байрам баркизе батӏи-батӏиял районаздаса рачӏарал магӏарулаз. Гьезул кӏалъаязулъги баркиязулъги бихьулеб букӏана Хатиматиде бугеб адабги рокьиги.\n— Гӏадамазе бокьуледухъ, гьезул ракӏал тӏаде цӏаледухъ передача хӏадур гьабичӏони, гьелъул магӏна ккола дицаго диего бараб гьаялъе дун хилиплъанин абураб – мунагьал чураяв, магӏарул миллаталъул борха-лъилъунги тӏадегӏанлъилъунги даим хутӏарав Гъазимухӏамад Гъалбацӏовас магӏарулазе сайгъат гьабураб передача тӏаса-масаго хӏадуризе ихтияр гьечӏо дир. Гьелъго батила дилъ къуватги бижараб – гьеб передача дие ккола ункъабилеб лъимерлъун, — илан чӏухӏадго бицуна гьелъ.\nКӏудияб хъизамалъул балъголъаби\nХъизамалъул хӏакъалъулъ гьикъидал, кенчӏола гьелъул берал, гӏажаибго берцинаб гьимиялъ къалъизабураб гьурмада рещтӏуна талихӏ.\n— Дир эмен Нурудиница гӏемерал соназ нухмалъи гьабуна росдал советалъе, эбел Салтанат хӏалтӏана росдал школалда учительлъун. Нижеца эбелалда цо нухалъ гьикъана щай гьелъие гьадигӏан гӏемерал ниж, ясал, рукӏаралилан.\nНижги къвалакье рачун, гьелъ бицана:\n— Дир хирадал, нужеда гьабсагӏаталда гьеб бичӏчӏуларо, бичӏчӏизеги рес гьечӏо. Щайгурелъул хинаб гъасда нужеда лъалеб гьечӏо чиякълъи щиб жояли. Масала, нужер кӏодоэбел ургъулей йикӏана гьеб кин бачахъилебали. Рукъалъул ункъабго бокӏнида чан къан чӏун бугеб чиякълъиялъ чанги къакъана гьей. Кӏвечӏо чиякълъиялда гьей къуркьизайизе. Гьалеха гьанже долъул рекӏелъ нугӏ гӏадин рекӏун чӏун букӏараб чиякълъи бачахъана нужеца. Амма нужеда лъазе гьечӏо щиб жо чиякълъияли. Гӏела нуж кӏудиял. Унгоха, цо нуж цоцазе хӏажалъизе ругеб куц, — ан, бадиб хулараб магӏуги бацӏцӏунаго, сихӏкъотӏун чӏана гьей.\n— Дица дирго ясазеги бицуна гьеб къиса ва гьез диеги, кидаялиго нижеца, микьайго ясалъ гӏадин, къотӏи гьабуна чиякълъи аскӏобе биччангутӏизе, — ян абуна Хатиматица.\nПагьму цӏубалеб гӏужалда\nЦӏакъго къанагӏатал гӏадамазе гурони кьун гьечӏо Тӏадегӏанас, Хатиматие гӏадаб махщел. Доб сордоялъ Поэзиялъул театралде рачӏараздаги бихьизабуна гьелъ пасихӏго кучӏдул цӏализе бугеб пагьму.\nУнкъо-щуго кечӏгицин рекӏехъе лъазабизе нилъее захӏмалъулеб мехалда, гьелъ байрамалде рачӏаразе рикӏкӏана Расулилги, Фазулги, Мухӏамад Ахӏмадовасулги, Цӏадаса Хӏамзатилги, Залму Батирова-лъулги, Мухӏамад Патахӏовасулги, Къурбанмухӏамад Мухӏамадовасулги, Тубхӏат Зургьаловалъулги кучӏдул.\nХатимат Мухӏамадовалда 50 сонилаб юбилейги баркулаго, бокьун буго гьелъие гьаризе талихӏалъул къатӏрабазул цӏикӏкӏараб къадарги, жиндирго даимал сапаразе икъбалги, магӏарулаз жиндиего сайгъат гьабураб рокьуе кидагосеб ритӏухълъиги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1529-rok-ob-bukiun-bugeb-l-iki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1529-rok-ob-bukiun-bugeb-l-iki", "title": "Рокъоб букӏун бугеб лъикӏ", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Гӏанкӏу хӏинчӏ гуро ва Финляндияги къватӏисеб улкалъун кколаро»\nГьедин абулаан нилъер кӏудияб улкаялда советияб хӏукуматалъул заманалда. Гьелъие гӏиллалъун рикӏкӏунаан Советияб Союзалдаги Финляндиялдаги гӏадамазул гӏумру релълъараб букӏин. Амма гьабсагӏаталда руго гӏемерал хаслъаби.\nМоцӏрол харж – гьавураб къоялдасаго\nМоскваялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, 2018 соналъул январалдаса нахъе лъимер гьабурай чӏужугӏаданалъе сайгъат гьабулеб буго лъимадуе хӏажатаб къайи (роддомалдаса рокъобе бачине). Финляндиялда гьеб къагӏида хӏалтӏулеб буго 1930-абилел соназдаса нахъе. Цин сайгъатал кьезе байбихьана ресукъал хъизамазул улбузе, хадубккун – киналго гӏолохъанал улбузе.\nФинляндиялда кьола лъималазул пособие (lapsilisä) – гьелъул роцен бахуна 100 евроялде. Иргадулаб лъимер гьабураб мехалда, пособие цӏикӏкӏинабула. Гьеб кьола лъимералъ 17 сон базегӏан. Лъималазе кьолеб гӏарац бокьухъе хӏалтӏизабизе ихтияр буго, амма эбел-инсуца гьеб лъола банкалда лъимадул цӏаралда рагьараб счеталда. Школа лъугӏараб мехалда, гьеб гӏарац сайгъат гьабула лъимадуе. Цоял гьеб гӏарцухъ бащдаб лъагӏелалъ сапаразде уна, цогидаз гьеб банкалда лъола, тӏадеги гӏарац бачӏиналде хьулгун; лъабабилез гьелъухъ босула мина-рукъ.\nХӏалтӏуда бащадго хӏухьбахъиги\nХӏалтӏул къо лъугӏидал, гьабулеб иш рехун тола. Щуго минуталъ гьабун рагӏалде бахъинабизе рес бугеб хӏалтӏиги гьез метералде тӏамула. Анкьида жаниб хӏалтӏул заман бахуна 37,5 сагӏтиде. Чӏезабуралдаса цӏикӏкӏараб заманалъ хӏалтӏизе кколев чиясе харжги цӏикӏкӏун кьезе тӏадаб буго нухмалъулесда. Яги гьес хӏалтӏи гӏуцӏизе ккола цого чиясде хӏал щоларедухъ, ай кватӏизегӏан хӏалтӏуда чӏезе ккеларедухъ. Гьеб гӏадаталъул зарал камунги букӏунаро. Масала, гьатӏан къоялъгицин кафе къала къаси сагӏат анлъго тӏубарабго. Амма гьелдаса разигьечӏолъи загьир гьабуларо цониги чияс: щивасда бичӏчӏула, гӏадамазе хъулухъал гьарулел идарабазул хӏалтӏухъабазулги рекӏее бокьараб ишалъе яги хъизан-лъималгун хӏухьбахъизе заман букӏине кколеблъи.\nЩивасе – канлъи\nнахъречӏчӏизабулел алатал\nФинляндиялъул хӏукуматалъ щивав гражданинасда тӏадаблъун гьабуна октябралдаса марталде щвезегӏан пальтоялдагун курткаялда яги кодоб баччулеб таргьаялда канлъи нахъречӏчӏизабулел алатал рекӏинари. Гьеб букӏине бегьула рахсида бараб хӏайван-хӏанчӏил (яги цогидаб жоялъул) сурат-сипатлъун ялъуни тӏад борчараб рачеллъун. Цо-цо фабрикабазда рукъула ратӏлида гьединал алатал. Гьединаб закон бахъана, финназул гӏемерисез рохьазда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулеб букӏин ва гъотӏода нахъасан вачӏунев чи машина бачунев шоферасда вихьунгутӏиги хӏисабалде босун. Финляндиялъул шагьаразул къватӏазда сардилъ букӏунаро беццизегӏанасеб канлъи. Гьеб гӏадаталъ рес кьуна нухазда къварилъи ккеялъул хӏужаби дагьлъизаризе.\nБайрамкъоялде гьуинлъаби\nЖамгӏиял кванил бакӏазда букӏуна хасаб къоялъул хӏурматалда квен хӏадурулеб гӏадат. Масала, хамизалъ кафеялда букӏуна хилъалоялъул чурпаги гӏодокариялъул мурапагун ва тӏорахьгун кьолел хъухъанчадалги. Кибго тӏибитӏун буго Рунебергил пирожное – гьеб хӏадурула финназул шагӏир Йохан Людвиг Рунеберг гьавураб къоялъул хӏурматалда. Гьев гьавуна щуабилеб февралалда. Январалдаса февралалъул анцӏабилеб къоялде щвезегӏан гьеб нигӏмат чарагьечӏого букӏуна рестораназдаги кафеяздаги.\nГьекъолеб лъим чӏобого кьола\nХельсинкиялъул киналго рестораназда чӏобого кьола гьекъолеб лъим. Гьеб гьекъезе бегьула краналдасаги. Амма финназ гӏемер гьекъола кофе – къо гьитӏинаб ва гьава-бакъ бакӏаб букӏиналъул хӏасил. Супермаркетазда жанирго кофемашина хӏалтӏизабизе ихтияр кьола – дагьа-макъабго гурони мухьги гьелъухъ босуларо.\nКӏиго цӏияб сон\nЦӏияб сон кидаго дандчӏвала хъизамалда цадахъ. Амма буго жеги «гьитӏинаб цӏияб сон» — гьеб кӏодо гьабула гьудул-гьалмагъзабигун, ишцоялгун, хӏалтӏухъабигун цадахъ. Финназ гьелда абула Пиккуйоулуян. Байрам байбихьула ноябралдаго, ва щибаб коллективалъ гьеб тӏобитӏула жидеего санагӏатаб къоялъ. Бегьула чанцӏулго кӏодо гьабизеги – чанго къоялъ батӏи-батӏиял къокъабигун цадахъ.\nИнсан – гьвел гьудул\nХельсинкиялъул къватӏазда дандчӏваларо бетӏергьан гьечӏеб цониги гьой. Финляндиялъул тахшагьаралда гӏагарлъухъ дандчӏвазе бегьула гӏанкӏ, цер, ритӏучӏ ва цогидал рохьил хӏайванал. Амма бихьуларо тӏалаб гьабичӏого рехун тараб рукъалъул цониги хӏайван. Финназул законалда рекъон, цониги гьой яги кету тезе бегьуларо кварида (рахсида) бачӏого. Рахсидаса гьел риччазе бегьула гӏицӏго сверун къараб азбаралда. Щибаб хӏайваналда бала хасаб чип: нагагь гьеб билани, хехго батула ва хӏайваналъул бетӏергьабаздаса гӏакӏаги бахъула, букӏине кколеб тӏалабалдаса махӏрум гьабиялъухъин абун.\nФинназ цӏакъ хӏисаб гьабула гӏарцул. Масала, цо кету хьихьизе ккани, гӏураб къадаралда харжал гьаризе ккола. Гьединлъидал, кету, гьой, ялъуни цогидаб хӏайван рокъоб хьихьизе ракӏалде ккарав чи анцӏцӏул ургъула.\nХӏайванал хьихьулел приютаздаса кету яги гьве бачине бокьарав финнав гӏемераб заманалъ чӏезе ккола иргаялда. Гьесухъе хӏайван кьелалде халгьабула психикияб хӏалалъухъги, моцӏрое щолеб харжалъухъги, хӏайваналъул жаваб кьезе бажарулищалиги.\nИбупрофеналъ сахлъизарула\nЗахӏматал унтабаздаса хехго сахлъизарула финназул медицинаялъ. Масала, тӏончӏорукъалъул рак унтиялдаса цӏуниялъул мурадалда, гьоркьоса къотӏичӏого чӏобого халгьабула щияй гӏаданалъухъ. 50 сон баралдаса нахъе чӏобого халгьабула маммологасги.\nАмма бетӏер унтаниги, спортзалалда рукьбузе зарал кканиги, квачалъул унти щваниги, финназул тохтурзабаз абула, мадар лъугьинегӏан ибупрофен гьекъеян.\nЦебеккунго лъазабе\nНилъер гӏадамазул гӏадат гьечӏо гьудулзабазда цадахъ хӏухьбахъиялъул мурадалда цебеккунго план хӏадури. Масала, бокьараб заманалда чи гьудуласухъе кӏалъазе ва «вилълъа гьабсагӏаталда дида цадахъин абун», дандчӏвазе бегьула. Финляндиялда гьеб низам «хӏалтӏуларо». Моцӏалъниги цебе дандбазе ккола пуланаб дандчӏвай. Гьелъул билълъанхъараб къагӏида буго гьадинаб. Масала, «Дур заман букӏине бугищ, дида цадахъ 4 марталда къаси сагӏат анлъгоялда рестораналде вилълъине?» абураб суалгун электронияб почалде кагъат битӏизе ккола февралалъул бащалъиялдаго. Гурони дандчӏвазе рес батуларо.\nГьалбал рокьула, амма…\nКъотӏносан унев чиясе къварилъи ккани, кумекалъе рортизе хӏадурал чагӏи руго финнал. Гьоболасул адаб-хӏурмат гьабиялъеги цӏакъал руго гьел. Амма дагъистанияз гӏадин кваназавуларо гьобол. Гьоболлъухъе чи ахӏулелъул, гьез мухӏкан гьабула заман, масала, къасикванде вачӏаян ахӏула. Гьебмехалда финнасул столалда букӏине бегьула цо салатги, чурпаги, гьуинаб чадил кесекги. Чаялъул цо пакет гӏезабула гьез ункъо стаканалъе. Гьеб рикӏкӏунаро къарумлъилъун – гьеб буго сундулъго роцен чӏезабиялъул гӏаламат ва щибаб жоялдаса пуланаб бутӏа тӏокӏлъизабизе жигар бахъи.\nХӏадур гьабуна Мадихӏат Хӏажиевалъ."}
{"slug": "1530-gurkhiel-rakhimu-dobri-kiudil-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1530-gurkhiel-rakhimu-dobri-kiudil-l-alkial", "title": "Гурхӏел-рахӏму Добри-кӏудил лъалкӏал", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Гьес гӏадамазул ракӏазулъ рекьана лъикӏлъиялъул мугьал\nИсана 13 февралалда гӏумуруялдаса ватӏалъана Болгариялдаса Добри-кӏуди. Гӏадамазда гьев лъалаан лъикӏал ишазе гӏоло гьардолев чилъун. Амма гьес гьарун щвараб цо капекцин жиндиего толароан. Добри-кӏудица гьабулеб букӏана кӏудияб иш — гьес гӏарац кьолаан килисаби къачӏазе.\nДобри-кӏудица 100 сон бараб мехалда хъван букӏараб макъалаялдалъун бокьун буго, ракьалда лъикӏлъиялъул лъалкӏалги тун арав гьев лъикӏав инсан, Добри ракӏалдещвезавизе.\nГьев вихьизе бегьула Болгариялъул тахшагьаралъул къватӏазда. Гьесие ургъел букӏунаро цӏорой-квачалъулги, горо-цӏералъулги, ракъи-къечалъулги. Жиндирго кружкаялъуб гӏарац лъурал лъималазул квераздаги баула гьес. Гьев кӏвахӏаллъуларо Тӏадегӏанасул хӏакъалъулъ щивасулгун гара-чӏвари гьабизеги, гьезул щивасда абизе берцинал рагӏабиги ратула гьесда. Амма Добри гьардухъан гуревха. Гьелъул гӏаксалда, гьес жинцаго хвасар гьарулел руго ургъел гьечӏолъиялдаса гӏадамал, гьес гьезие кьолел руго гурхӏел-рахӏмуялъул дарсал. Добри-кӏудица кӏудияб адаб гьабула киналго гӏадамазул. Жиндие гьабураб квешлъиги хехго кӏочонги тола гьесда. Херасда бихьула сверухъ бугеб тӏекълъи-мекълъиги, амма рекӏекълъуларо, ракӏбуссунаро, гьелъул гӏаксалда, гьес хӏаракат бахъула гӏадамазул ракӏазулъ лъикӏлъиялъул мугьал рекьизе.\nДобри-кӏудил балъголъаби\nХерасе бокьуларо жиндирго хӏакъалъулъ лъиениги бицине. Гьес гӏунги тӏокӏаблъун рикӏкӏуна жиндирго хӏакъалъулъ гӏадамазда лъалеб жо — гьев киназдаго лъала Болгариялъул килисаби цӏигьарун къачӏалев чи хӏисабалда. Кӏудица жиндирго гӏумруялдасагицин кӏвар бугеблъун рикӏкӏунеб буго гӏадамазе лъикӏлъи гьаби.\nКӏудияб ракӏалъул инсан Добри гьавуна 1914 соналда Байлово росулъ. Гьесул букӏана ункъо лъимер. Кӏигоял камиялъул захӏмалъабиги рихьана гьесда. Гьесда хадуб хъулухъ гьабулеб буго Софиялда гӏумру гьабун йигей ясалъ. Амма цо-цо мехалда гьесул ракӏбакъвачӏого хутӏуларо, жиндирго хӏакъалъулъ гӏадамаз рицунел кьучӏ гьечӏел харбал рагӏидалги. Масала, жиндирго лъималазе ирсалъул бутӏаго течӏин гьесин абулелги камуларо. Гьесул араб гӏумруялъул хӏакъалъулъ лъала гӏицӏго гьев рагъда гӏахьаллъаравлъи ва гьев дагьавго гӏинкълъаравлъи.\nГӏадатияб рукъалъулги кӏудияб\nракӏалъулги хважаин\nРукъги цӏакъго гӏадатияб буго херасул. Ругел ресаздасаги квегӏенлъиялдасаги пайда босуларо гьес. Гьес гьабсагӏаталда гӏумру гьабулеб буго росдал килисаялъул азбаралда бугеб гьитӏинаб рокъоб. Гьениб тахги буго, амма кӏуди чӏарбида вегула. Столалда тӏад — чадил гьитӏинабго кесекги бащдаб помидорги — гьеле гьесул квенги.\nКвачараб хасалил рогьалилъ гьев вихьула, гурун гъуждулгун, ведроялъ лъим баччулев. Гьеб гьитӏинабго рукъ къачӏалев чиясе жинцаго кумекги гьабуна гьес.\nДобрил тӏад ретӏараб парталги, гъалараб расги, басриябго гӏабаги, вакӏа-вахари гьечӏеб рагъа-рашариги бихьараб мехалда, гьев лъаларезул ракӏазе лъугьуна цо батӏияб асар. Амма гьединав херавго лъикӏ гурищха, ришватчилъиялъулги, рухӏияб мискинлъиялъулги, ургъел гьечӏолъиялъулги махӏ бахъарал жакъасел цо-цо гӏадамаздаса.\nГӏолохъанав Добри Добрев гӏемер хьвадулаан лъелго. Къойил гьес толаан 25 километр манзил нухлул. Гьанже гьесда лъелго хьвадизе кӏоларо. Автобусазул шоферзабаз рекӏадухъ гӏарацги босуларо гьесухъа. Риидал цо-цо мехалда гьев вихьула гӏадамаз кьураб хъарпуз куневги.\nЛъикӏал ишазул вакил\nАхираб заманалда кӏуди гӏемер щола Софиялда бугеб килисаялде. Гьениб гьес бакӏарулеб буго Кириллилги Мефодийилги цӏаралда бугеб килиса къачӏазе гӏарац. Гьединго гьес гӏемераб гӏарац кьуна Елешиналда бугеб монастырьги ва цо росдал храмги цӏигьабизе. Амма бищун цӏикӏкӏараб къадаралъул гӏарац Добри-кӏудица кьуна Александр Невскиясул храм-памятник къачӏазе. Абизе бегьула, гьединаб цӏикӏкӏараб къадаралъул гӏарац гьес тӏубараб гӏумруялъ данде гьабунилан.\nГьабураб лъикӏлъиялъухъ баркала хӏисабалда, гьесие, рокъоб лъезе къайиги босун, кумек гьабизе бокьун букӏана храмалда ругезе. Амма херас инкар гьабуна.\nГьаруралщинал лъикӏлъабазул халгьабун, Добри-кӏуди дандекквезе бегьула маргьабазул багьадур Цӏорол Дадада. Добри-кӏудица лъималазе сайгъатал гуроха кьолел ругел. Гьес лъималазе сайгъат гьабулеб буго гӏумру тӏегьаялъул аслулъун кколеб лъикӏлъи. Лъикӏлъи — гьеб ккола гӏадамазе кьураб Добри-кӏудил сайгъат. Гӏадамазги хадусеб гӏелалъухъе кьезе кколеб…\nДеси Велева"}
{"slug": "1531-nukhal-nukhal-nukhal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1531-nukhal-nukhal-nukhal", "title": "Нухал. Нухал. Нухал…", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул театралияб маданияталъул цевехъанасул гӏумруялъул сухъмахъазда\n«Бокьун буго ракьалда диргоги лъалкӏал тезе. Биччанте хадусел наслабаз дир хӏалтӏуе битӏараб къимат кьезе. Абизе бокьун буго — дир гӏумру гӏадада инчӏо, бажарана инсанлъун хутӏизеги. Биччанте магӏарулазул ракӏазулъ хутӏизе дир гьитӏинабго хӏалтӏул шавкъалъул лъалкӏал».\nХӏ. Гӏабдулгъапуров\nТеатр — гӏумруялъул матӏу\nЩиб жо кколеб театр? Матӏуялъусан гӏадин бихьула гьенисан инсанасул къисматги, гьесул рохелги, магӏуги, сухъмахъал-шагьрабиги. Театралъул актер. Щивха гьевги кколев? Гьес, цин велъун, цинги гӏодун гӏадамазе бицуна гьезулго гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Цингиги театр сценаялда лъурасул щиб кӏварха бугеб? Гьев ккола жибго гӏумруялъул режиссерги дирижерги. Гьес, кверги ккун, нухарегӏула театр кӏудияб сапаралде. Гьелъул рукӏуна жиндирго сухъмахъал. Гьел сухъмахъалккун цебехун унаго, гьелда цо-цояз зинкӏкӏула, цогидаз гӏодоб ккезабула, тӏаде бахъинабула, лъабабилез гьеб къабул гьабула, гӏумруялъ жидерго къисматалъе кьолеб салам гӏадин. Гьеб сапаралда театралда цадахъ даим вукӏана ва гьанжеги вуго гӏемерал соназ гьенив бетӏерав режиссерлъун хӏалтӏарав ва гьанже, гьелде тӏадеги, гьелъул художествияв нухмалъулевлъун кколев магӏарул тӏоцевесев профессионалияв режиссер Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров.\nРакӏалъ ахӏулев вуго\nБотӏрода савуялъ бусен гьабулеб гӏужалда, цӏакъ бокьула гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал нахъехун регизе — дун дандчӏвала лъимерлъигун. Ракӏалъ хӏасратго ахӏулев вуго гьениве. Хӏохьбала гьелъул иццухъ, ва цере рачӏуна, кӏудияб дунялалде дун витӏулаго, гьелъ дие гьарун рукӏарал малъа-хъваял. Дида бичӏчӏулеб букӏана дирго, гьитӏинав бесдаласул, хвасарлъи цохӏо дилъго букӏин. Лъимерлъиялъ дун лъадарана. Бокьун, бичӏчӏун гуро лъаялда хадувги лъугьарав — гьеб киналдего дун кантӏизавуна гӏумруялъ. Гьитӏинго бичӏчӏана гӏумруялъул магӏнаги. Бесдаллъиялъул согӏаб квачӏалъ дун тӏамуна гӏумру буххизе.\nГӏемер чиясухъа гуро бажарулеб, херлъаниги, лъимерлъун хутӏизе. Амма рацӏцӏадал пикрабазулги тӏокӏкӏарал анищазулги Хӏайбулагьида дица абилаан даимаб лъимерилан.\nБалагьана. Бихьана. Пикру гьабуна\nГьавуна Хӏайбулагь Шамил районалъул Ракьуб росулъ. Заманалдасан хъизан гочинабуна Чачаналъул Нажавюрт районалде. Гӏагараб росу тун унел магӏарулазул кинаб хӏалха букӏун батилеб! Руссана гьенисаги гӏагараб ракьалде. Бажарана гӏумруялъул карачелазде данде лъедонги. Жибго гӏумруялъ малъана гьеб. Гьелъ кантӏизавуна гӏемераб жоялъул пикраби гьаризеги. Ва Хӏайбулагьица гӏолохъанлъиялде каву къирана.\n1959 сон. Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров уна цӏализе Типлисалде Шота Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталде. Цӏалул отличник хӏисабалда, Хӏайбулагьие щолаан К. Марджанишвилил цӏаралда бугеб стипендия. Гьев кколаан институталъул гӏелмияб советалъул членги. 1964 соналда, багӏараб дипломалда институтги лъугӏизабун, хӏалтӏизе лъугьана Буйнакскалда Магӏарул театралде. Дол соназ Магӏарул театралда вукӏинчӏо режиссер. Дагъистаналъул хӏукуматалъул гьариялдалъун Типлисалъул театразул нухмалъулезухъе хъвала цо Магӏарул театралъул актерасе режиссерлъиялъе цӏализе бакӏ гьабейилан. Ва гьениве цӏализе цӏидасанги витӏула гӏолохъанав актер Хӏайбулагь. 1967 соналда багӏараб дипломалда гьеб цӏалиги лъугӏизабула актерас. Кӏиго соналъ тӏадеги цӏалана Москваялда, Маяковскиясул театралда. Гьединго кӏиго соналъ стажировка гьабуна Ленинградалда.\nХӏайбулагьил гӏумруялъул дарсал\nДун гӏемер ургъула мунагьал чураяв хъвадарухъан Мухӏамад Сулимановасул цо пикруялда тӏад. Дос гӏемер такрар гьабулаан: «Дун Культураялъул министерствоялъукьа гуро хӏинкъулев. Дун хӏинкъула культура гьечӏеб министерствоялъукьа», — йилан.\nДида гьел рагӏаби гӏемер щола ракӏалде жакъаги. Гьеле гьениб буго кинабго хӏабургъинабун. Жиде-жидер бакӏазда гӏадамал гьечӏолъиялъ хӏалтӏи цебетӏезе квалквал гьабулеб буго. Цояв цоясул гӏагарав, гъов гъовцоясул гӏагарав, цогидав — цогидасул гьудул-гьалмагъ — гьеле гьеб даражаялда ругони, кинха нилъ церехунги инел.\n— Ганчӏалцин рихьуларез чӏинхазул бицунеб заман буго гьаб.\nГьанибго бицен гьабизе бокьун буго поэзиялъул хӏакъалъулъги.\n— Поэзия букӏине ккола жибго гӏумруялдасаги тӏадегӏанаблъун. Гьеб хъирщадизе бегьуларо. Гьанже гӏемерисеб шигӏру гьединаб буго.\n— Щивав чиясул букӏине ккола щибаб секундалъ, щибаб лахӏзаталъ жиндиего кьолеб суал. Гурони, нилъ гӏумруялъ нахъа тола.\n— Кинавго чиясе лъикӏавлъун вукӏине, гьесие дандекколедухъ гӏумру гьабизе хӏалкӏоларо инсанасда. Цӏакъго гӏемер лъикӏлъи цого чиясеги гьабизе бегьулеб жо батичӏо дида. Гьелда дица абилаан хӏалихьатаб лъикӏлъийилан.\n— Гьитӏинго бесдаллъиги ракъиги бихьарав дица тӏубараб гӏумруялъ хӏаракат бахъана гӏаданлъун вахъине ва хутӏизе. Лъана ччугӏалъун лъедезеги хӏинчӏлъун воржинеги буго махщел.\n— Жакъа гӏемерисез хӏаракатго бахъулеб гьечӏо гӏадамаллъун лъугьине ва хутӏизе. Рагьараб ццидацаги балъгояб жахӏдаялъги кунеб буго инсанасул гӏумру. Гьеб кӏиябго жоялъ квалквал гьабулеб буго гӏадамазе жакъаги. Къобахъанагӏан гьеб кӏиялъго гьужум гьабулеб буго гӏадамазде, ва хӏалуцунеб буго гьезул гӏумруги. Рухӏияб бечелъиялда чӏвараб кьавулъун руго жахӏдаги ццинги.\nГӏумруялъул тӏохьол тӏанчал цӏидасанги нахъехун регулелъул, дурго кинаб гӏамалалдаса инкар гьабулеб букӏарабилан кьураб суалалъе Хӏайбулагьица кьуна гьадинаб жаваб:\n— Дир буго, щвараб гӏор гӏадин, гьулчун бачӏунеб гӏамал. Гьелъго батила, цо рахъалъан босани, дие гьадинавлъун хутӏизе кумек гьабураб. Цоги рахъ босани, квалквалги буго — лъиениги бокьулеб гьечӏо жидерго рахъалъ абулеб битӏараб, ритӏухъаб рагӏи рагӏизе. Эбелалъ гъоцӏоца лъимер бухулеб гӏадин, вухулев вуго гӏумруялъ. Унго-унгоги зама-заманалдасан гьелъ зинкӏкӏунги толеб куцха!\n— Дида гӏумру гьабизе тӏахьаз малъана. Гьезго малъана битӏараб абизеги, ритӏухълъиялъе гӏоло къеркьезеги, хӏалихьалъигун вагъизеги.\n— Дида абулеб бугони гӏумруялъул сухъмахъазул киналдаса инкар гьабилеб букӏарабилан, дица цонигиялдаса инкар гьабилароан, гӏумруги байбихьилаан гьелго сухъмахъаздасан.\nАдабияталда ва маданияталда\nтарал лъалкӏал\nХӏайбулагьица гвангъарал лъалкӏал толел руго миллияб адабияталдаги маданияталдаги.\nГьесул буго кӏиабилеб рукълъун жиндие лъугьараб ва абадиялъго хутӏизе бугеб Магӏарул театралъе сайгъат гьабураб тӏехь. Гьениб гьес кӏудияб рокьигун ва адабгун бицунеб буго театралъул тарихалъул, гьелъ магӏарулазул гӏумруялъулъ кколеб бакӏалъул, театралъул машгьурал артистазул хӏакъалъулъ. Гьев ккола 18 литературиябгун драмаялъул асаралъул авторги. Гьес магӏарул мацӏалде буссинабуна 55 пьеса ва гьезул кьучӏалда хъварал спектаклял лъуна театралда. Масала, магӏарул адабияталда хасаб бакӏ ккола гьес магӏарул мацӏалде руссинарурал К. Хетагуровасул «Фатима», А. Навоил «Лайла ва Мажнун», В. Пшавелил «Гьобол ва хважаин» абурал ва цогидалги асараз. Хъвала Хӏайбулагьица шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул, композиторазул, артистазул юбилеялъулал тадбиразе сценариялги. Гьес хъварал сценариязда рекъон, тӏобитӏана 30-ялдасаги цӏикӏкӏун тадбирги дандеруссинги.\nГьединго гьес хъвана гӏемерал макъалабиги, кучӏдулги, драмаялъул асаралги. Масала, пьесаби «Махӏмудги Муиги», «Бакьайчӏиса Чӏанкӏа», «Унсоколоса Хӏожоги гуржиявги» (биценалъул кьучӏалда) ва цогидалги. Хъвана Хӏайбулагьил хӏакъалъулъги. Гьелъие мисаллъун ккола магӏарул хъвадарухъан Гӏарип Расуловас гьесул хӏакъалъулъ хъвараб «Театр. Режиссер. Спектакль» абураб тӏехь. Хӏамзатил Расулица Хӏайбулагьие сайгъат гьабураб кочӏоца бицунеб буго магӏарулазе гьесул пишаялъул бугеб кӏваралъулги, миллатцоязул гьесде бугеб адабалъулги рокьулги хӏакъалъулъ:\n— …Къоял дуе — русби, санал дур – гуми,-\nГаван пагьмуялъе бугищ, адмирал!\nДуниял — театр, гӏалам — актерал,\nАэродром гьечӏеб самолет — гӏишкъу…\nЩуго тӏадабги бан, анлъабилебги\nАллагьасе базе ккола нилъеца.\nБекьулеб ракь дагьаб авар халкъалъе,\nЩибаб росдай хасаб устарлъи кьедал…\nБокьараз бокьараб бицеян абе,-\nНилъер алмазалда рекӏинаро гъиз.\nГъоба гъварилъуда гъулгъулел иххаз\nАхирги ралъдалъе балагьила нух…\nШагӏирас кочӏолъ рехсараб устарлъиялъул хважаинлъун ккола Хӏайбулагьги. Хасаб устарлъиялъулха. Гьеб ккола, кинаб заман бачӏаниги, кинав хӏаким вачӏаниги, лъидаго, сундаго гьесухъа бахъизе кӏвечӏеб гӏагараб театралде бугеб хӏикматаб рокьи.\nТеатр — гӏумруялъул магӏна\nЖакъа Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров вуго жинцаго тӏасабищараб гӏумруялъул борхалъуда. Гьесда гӏураб къобихьана, гьелъул сухъмахъал ва шагьраби нахъа толаго. Амма цо къоялъ таричӏо гьев, ана цевехун. Ва гьесул хьолбохъа багъаричӏо доб жинцаго нахъе рехилаанин абулеб бугеб щвараб гӏор гӏадин гьулчун бачӏунеб гӏамал. Гьелъ течӏо гьесие гьерсиеги тӏекълъиялъеги бетӏер къулизеги жахӏда-хӏусудалъулгун гьудуллъи кквезеги.\nРачӏаха, цӏидасанги цодагьалъ нахъехун бегилин Хӏайбулагьил гӏумруялъул тӏехь. Гьеб тӏехьалъул хасаб бутӏа буго театралъе кьураб. Ракӏалдещвезарулел руго режиссерас хъварал литературиялгун драмаялъул цо-цо асаразул цӏарал:\n«Хӏажимурад» (Л. Толстоясул къисаялдасан), «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» (музыкалияб драма), «Жигит»-радиопьеса, «Ниж- гӏолохъанаб гӏел» (гӏолилазе хъвараб музыкалияб драма), «Эбелалъул хӏакъалъулъ кечӏ» ( Расул Хӏамзатовасул асараздасан), «Пандур ва ханжар» (литературиябгун музыкалияб композиция), «Релъиги магӏуги» (литературиябгун музыкалияб композиция) ва цогидалги.\nХӏайбулагьица Магӏарул театралъул сценаялда лъуна гӏурус, Дагъистаналъул ва къватӏисел пачалихъазул авторазул асараздасан 180-ялдасаги цӏикӏкӏун спектакль.\nТеатралде тӏамураб тӏоцебесеб галилъун гьесие ккола Р. Фатуевасул пьесаялдасан лъураб «Магӏарулал» абураб спектакль. Гьелъухъ Хӏайбулагьие щвана тӏоцебесеб даражаялъул диплом. Гьелдаса хадур – М. Горькиясул «Херав», Софоклил «Антигона», Бомаршел «Севильский цирюльник», Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай», Гӏ. Хачаловасул «Аманат»… Гьедин 50 соналъ ахӏана Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуровас Магӏарул театралде гӏагараб халкъ.\nЦохӏо Магӏарул театралда гуребги лъуна Гӏабдулгъапуровас спектаклял. Масала, Лезги театралда — Х. Авшалумовасул «Имам Шамилил тилмач», Гӏурус театралда — Р. Фатуевасул «Магӏарулал», Тумазул театралда — А. Нухирашвилил «Чинчрака», Лъарагӏ театралда — С. Гӏабдулал «Тӏагьир ва Зугьра». Даргиязул драматург С. Рабадановасул «Батирай» абураб пьесаялда рекъон лъураб спектаклялъухъ гьесие щвана Дагъистаналъул пачалихъияб премия.\nТеатралияб махщелалъул борхалъуда\nТеатралъе кьураб 50 сон. Дагьабищ гьеб яги гӏемерищ? Амма лъала Хӏайбулагьица абизе бугеблъи гьеб байбихьи бугилан.\n— Бокьун буго хӏалхьиялде ине, хӏалтӏиги гьечӏого вукӏине гуребха. Хъвазе ракӏалда буго гӏагараб росдал тарихалъул хӏакъалъулъ тӏехь. Гьединго бицина магӏарулазе миллиб маданияталъул матӏулъун кколеб Магӏарул театралъул тарихалъулги цебетӏеялъулги хӏакъалъулъ, — илан абуна Хӏайбулагьица.\nРачӏаха цоги нухалда раккизе режиссерасул гӏумруялъул тӏохьоде:\n1964 сон — Магӏарул театралъул актер.\n1970 сон — ДАССРалъул Культураялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота.\n1971 сон — РСФСРалъул театралиял хӏаракатчагӏазул союзалъул член.\n1971 сон — Магӏарул театралъул бетӏерав режиссер.\n1972 сон — СССРалъул бокьараб профессионалияб театралда хӏалтӏизе ихтияр бугеб удостоверение щвана.\n1972 сон — «ДАССРалъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи» абураб цӏаралъе мустахӏикълъана.\n1980 сон — Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуровасе кьуна «ДАССРалъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар.\n1988-2009 сонал — Магӏарул театралъул бетӏерав режиссер.\n2009 сон — Магӏарул театралъул художествияв нухмалъулев.\n2011 сон — «Адабият» литературиябгун театралияб гӏуцӏиялъул художествияв нухмалъулев- директор.\nЖакъа Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров ккола Магӏарул театралъул художествияв нухмалъулевги бетӏерав режиссерги.\nНухал. Сапарал. Нухал\nЖакъаги сапаразда вуго Хӏайбулагь. Гьез гьев вачуна гӏумруялъул кӏичӏ-кӏичӏарал нухаздасан театралияб махщелалъул мутӏигӏ гьаризе захӏматал рорхалъабазде. Амма гьеб борхалъи мутӏигӏ гьабизе бажарана Хӏайбулагьихъа, щайгурелъул гьеб букӏана режиссерасул рекӏел ахӏи. Гьесда кӏвана жинцаго залимаб гъветӏилан рикӏкӏунеб театралъул гъварилъуде ваккизе. Ва гьес щибаб къойил лъалъана ва гьанжеги жиндирго лъаялъги, гьунаралъги, тӏадегӏанаб махщелалъги лъалъалел руго гьелъул кьалбал.\nНухал. Сапарал. Нухал – театралъухъе – магӏарулазухъе — театралъухъе…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1532-bergenl-iyal-73-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1532-bergenl-iyal-73-son-tiubayalde", "title": "Бергьенлъиялъ 73 сон тӏубаялде", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Исана сонги ани, «зобги роцӏун хутӏани»…\nГъуниб районалъул Сугъралъа фронталде ана 300-ялде гӏагарун чи. Тӏадвуссана 140-яв\nВатӏан цӏунизе ана тӏолабго улкаялъул гӏолилалги хералги. Ватӏан цӏунизе лъабго-ункъо чи арабги хъизам букӏана Сугъралъги. Рагъ байбихьилелдего советияб армиялда вукӏана дир инсул вац Хазам Исупил Гӏали. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана Литваялда. Гьесул кагътал жеги нахъе цӏунун руго, амма гьесул сипат-сурат дида лъаларо, нахъе цӏунараб цониги суратги архивазда батичӏо. Нахъе цӏунун ругел кагътазда гьес хъвалеб буго: «Исана сонги ани, тӏасиябги бачӏани, «зобги роцӏун хутӏани», (гьелъул магӏна дида гьанже бичӏчӏулеб буго: солдатазда махӏчӏвалеб букӏун батила рагъулаб хӏинкъи букӏиналъул) хадусеб соналъ, ИншаАллагь, дун рокъове тӏадвуссина», — ян. Гьаниб дие камураб жо гьечӏо, цохӏо гӏурус мацӏ лъангутӏи буго квеш ккараб иш. Туманкӏ кьвагьиялъул рахъалъин абуни, командирги дие мукӏурав вуго», — ян хъвалеб буго Гӏалица.\nАмма Аллагьас хъван букӏун гьечӏо инсул вацасе тӏадвуссине. Гьес хъулухъ гьабулеб Прибалтикаялде рагъул тӏоцебесеб къоялъго бомбаби рана тушманас. Рагъ байбихьаралдаса къотӏун руго рокъоре рачӏунел рукӏарал Гӏалил кагъталги. Ахирисеб кагъат бачӏана 1941 соналъул 14 маялда Каунасалдаса. Лъаларо, гьенивго ракьулъищ гьев хутӏарав, яги цониги вацлъиялъулал хабалалъ вукъунищ вугевали. Гьесул тӏокӏаб хабар лъачӏо. Амма лъала, Расул Хӏамзатовас хъвавухъе, «Хъахӏал къункърабазул» кьеразулъ гьевги вукӏин…\nГьев тӏадвуссиналдаса лъадул хьулкъотӏичӏо 62 соналъ. Гӏали армиялде ахӏилелде кӏиго моцӏалъ цее ячун йикӏана гьес Хадижат. Гьев армиялда хъулухъ гьабулев вукӏаго, хвана лъагӏел барай гьезие гьаюрай Написатги. Лъугӏана наслу. Амма лъугӏичӏо ва лъугӏизе гьечӏо гьезул хӏакъалъулъ бицен ва гӏагарлъиялда гьел кӏоченаро.\n1937 соналдаса байбихьун хвезегӏан, 1999 соналъул ноябрь моцӏалде щвезегӏан щибаб къоялъ тӏохил рагӏалдеги яхъун, гьабсагӏат Гӏали тӏадвуссине вугин пикрабазда, нухде балагьун йикӏунаан гьесул лъади Гӏалил Хадижат…\nКӏудияв вац Гӏалил хабарги рагъ байбихьаралдаса нахъе тӏокӏаб бачӏинчӏого, 1942 соналъул июналда гӏарзаги кьун, фронталде ана дир эмен — Исупил Мухӏамадги. Гьеб букӏана фашистал Кавказалде – Моздок шагьаралде гӏагарлъулеб заман. Доб заманалда дагъистанияздаса гӏуцӏун букӏараб гӏолохъабазул къокъа битӏана Моздокалде. Гьезда гъорлъ вукӏана дир эменги. Моздокалда гӏагарлъухъ «Эльхоталъулаб каву» абулеб бакӏалда кӏиго моцӏгӏанаб заманалъ рагъулаб тунка-гӏусиги ккун, советиял аскараз фашистал нахъе къазаруна. Абизе бегьула Кавказ цӏуниялъул рахъалъ гьеб кӏудияб бергьенлъи букӏанилан. Гьайгьай, нилъер армиялъеги ккана чӏахӏиял камиял. Махӏуги лъукъун, къвалакь гӏунсбигун тӏадвуссана дир эменги. Гьесие кьуна «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» ва Бергьенлъиялъ 40 сон тӏубаялда бан медалал. Эмен хвана 2000 соналда.\nРагъ байбихьилелдего армиялде ахӏун вукӏана дир инсул вацгӏал Хачалов Ибрагьимги. Гьесги рагъул корониб бана чанго сон. Ибрагьим рокъове тӏадвуссана капитанасул чингун, 1946 соналда. Хӏалтӏана Сугъралъ, Къорода, Бацӏада росабазул школазда тарихалъул ва магӏарул мацӏалъул учительлъун.\nДир инсул вац Исупил Гӏалиго гӏадин, Хачалов Ибрагьимги вукӏана кьварарав, хӏинкъи-къай гьечӏев чи. Хвана 1978 соналда.\n1943 соналда, 17 сон барав, жеги михъида хӏур чӏвачӏев гӏолохъанчи, Хачалов Гӏабдулмажидги, гӏумруялъул цо лъагӏел цӏикӏкӏинабурал документалги хӏадур гьарун, гӏарзаги кьун, ана фронталде. Тӏоцеве гьев, цогидал гӏолохъабиго гӏадин, витӏана Гуржиялъул Гори шагьаралде байбихьулал рагъулал хӏадурлъабазде. Гьениб кӏиявго вацасул — Ибрагьимилги Гӏабдулмажидилги ккараб дандчӏваялъулги бицун тела. Гориялда хъулухъ гьабулел гӏолохъаби, гьездаго гьоркьов Гӏабдулмажидги, рукӏун руго пиво гьекъолеб цо бакӏалда. Гьеб бакӏалде тӏаде бачӏун буго патруль. Гьезул командир, капитан Хачалов Ибрагьимги, патрулалъул кӏудияв хӏисабалда. Ибрагьимица абун буго:\n— Нуж гьанир щиб гьабулел, нужер рагъулаб часть киб бугеб, командир щив кколев? — ан ва цадахъ вукӏарав кӏиявго патруласде буюрун буго: «Гьезул документазухъ халгьабе ва ППЗялде раче», — ян. Ункъо соналъ кӏудияв вац вихьун вукинчӏев Гӏабдулмажидица Ибрагьимида къвал бан буго…\nГьеб буго 1946 соналъул байбихьуда лейтенантасул чингун рокъове тӏадвуссарав мунагьал чураяв дир вакьад Хачалов Гӏабдулмажидица бицун букӏараб лъугьа-бахъин… Рагъ лъугӏун хадуб гӏемерал соназ гьев хӏалтӏана «Багӏараб байрахъ» газеталъул жавабияв секретарьлъун. Хвана 1994 соналда.\n…Рагъдаса руссарал херал солдатал,\nСонал анагӏан нуж дагьлъулел руго.\nГуллие къуркьичӏел кьалул бахӏарзал,\nКьерда чӏезе гӏурал хутӏун гьечӏо нуж…\nГьал руго ДРялъул ва Россиялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, журналист, поэт Гӏабдулмажид Хачаловас Бергьенлъиялъ 40 сон тӏубаялъул хӏурматалда хъван букӏараб «Херал солдатал» абураб кочӏодаса мухъал. Жакъа гьезул кьерал хутӏунго гьечӏин абизе бегьула. Цӏаралин абуни абадиялъго хутӏила.\nГӏабдула Хазамов"}
{"slug": "1535-shagaral-ul-shkolazda-rakhdal-matsial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1535-shagaral-ul-shkolazda-rakhdal-matsial", "title": "Шагьаралъул школазда — рахьдал мацӏал", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Анищазул ва кочӏол куркьбазда\nДагъистаналъул мацӏазул фестивалалда\n25 апрель. Махӏачхъалаялъул № 58 школалде (Семендер поселок) гӏагарлъулаго, рагӏулеб букӏана магӏарул зурмил гьаракьги къолол накуги. Гьелдаго цадахъ — пандрида рачунел бакъналги Дагъистаналъул цогидал мацӏазда ахӏулел кучӏдулги. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана Дагъистаналда 27 апрелалдаса 6 маялде щвезегӏан букӏине бугеб спорталъул кӏудияб байрам — эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталъе сайгъат гьабураб Дагъистаналъул миллиял мацӏазул фестиваль. Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана дунялалда машгьурал Дагъистаналъул речӏчӏухъаби-спортсменал: эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцӏул чемпион, дунялалъул чемпион Къурамухӏамад Къурамухӏамадов, Олимпиялъул хӏаязул гӏарцул призер Мухӏамад Ибрагьимов, шагьаралъул Собраниялъул депутатал, Махӏачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник Тӏагьир Мансуров, вузазул преподавателал, школазул нухмалъулел, журналистал, цӏалдохъаби.\nШколалъул азбаралъуб Асхӏабгӏали Хӏасановас нухмалъи гьабулеб гьитӏинал палугьабазул къокъаялъул цебебахъиналъ берцин гьабун букӏана дандеруссин. Гьенибго гьитӏинал къолохъабазул къокъаялъги бихьизабуна Дагъистаналъул миллиял бакънал къолода ва пандрида рачине жидерго бугеб гьунар.\nГьелдаса хадуб данделъана школалъул жанахӏалъур. Щибаб миллаталъул майдан. Сверухълъиялдего чӏвалеб букӏана миллияб тепсиялъул нигӏматазул тӏагӏамаб махӏ. Аскӏобго- миллияб ретӏелги. Киса-кирего гьеб ретӏарал гӏолилал — васалги ясалги.\nНилъер умумуз абулаан рокьул хинлъи букӏунарила, богӏол рокьи хьолбохъ гьечӏонийилан. Цоцазул майданазда бугеб кванил хӏалбихьулел ругел цогидал миллатазул гӏадамазухъги балагьун, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана.\nГьадинал байрамазда дагьабги лъикӏ бичӏчӏула Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул гучги къуватги. Ва аскӏоре гӏагарлъизего рокьуларо миллиял мацӏалги, маданиятги, гӏадаталги холел, тӏагӏунел ругин абурал пикраби.\nЦинги данделъана школалъул данделъабазул залалда. Ва цӏидасанги рагӏана миллиял мацӏазул гьаракь. Гьел мацӏазда кучӏдул ахӏана ва рикӏкӏана №58 школалъул учительзабаз ва цӏалдохъабаз. Кинаб нурха букӏинеб байрамалда, кочӏода аскӏоб кьурдиги гьечӏони. Гӏисинал кьурдухъабаз кьурдул сверуда бицунеб букӏана жал тӏадегӏанаб Дагъистаналъул чӏухӏараб букӏинесеб бугилан.\nШколалъул директор Шаганэ Баймурзаевалъ баркала кьуна байрамалда гӏахьаллъаралщиназе.\nЛъугӏана миллиял мацӏазе сайгъат гьабураб иргадулаб байрам. Биччанте гьеб букӏине миллатазул жавгьараллъун кколел мацӏал цӏуниялде ва цӏилъиялде тӏамураб иргадулаб галилъун.\nШамай Хъазанбиева\n***\nМагӏарул адабияталъул букӏинесеб\nГӏолохъанал хъвадарухъабазулгун ва шагӏирзабазулгун дандчӏвай тӏобитӏана «Хӏакъикъаталда»\nГьелгун дандчӏвана ва гьезие магӏарул адабияталъулги, тарихалъулги, классиказулги хӏакъалъулъ бицана газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас, ДНЦялъул ИЯЛИялъул профессор Ахӏмад Муртазагӏалиевас, газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъ.\n— Магӏарул маданияталъул букӏинесеб буго нужехъ. Гьединлъидал нужеца кӏудияб кӏвар кьун цӏализе ккола миллияб маданияталъул классиказул асарал, лъазаризе ккола нилъерго мацӏалъул, адабияталъул хаслъаби. Щибаб къойил цӏалдечӏони, нужер шагӏирзаби рахъунаро. Цӏале гӏурусги, магӏарулги, Дагъистаналъул халкъазулги, къватӏисел пачалихъазул хъвадарухъаби-шагӏирзабазулги асарал. Кечӏ хъвазе ккола, гӏарац къваригӏун яги жакъасел кочӏохъабаз ахӏизе мурадалда гуреб. Унго-унгояб кечӏ хъвай — гьеб букӏине ккола нужер рекӏел ахӏилъун. Гурони, нуж цӏалдолезда ратуларо ва рихьуларо, — ян малъа-хъваял гьаруна гӏолилазе.\nЖидерго кучӏдул цӏалана Чӏикӏаса Зайнаб Хӏажиевалъги, Рамазан Халидовасги, Хӏамзат Сурхаевасги, гьединго Гъуниб районалъул Хӏутниса Рамазан Гъазимухӏамадовас, Хунзахъ районалъул Сивухъа Шамсият Гӏабасовалъ, Лаваша районалъул Урмаса Насихӏат Гӏабдурашидовалъ, Гӏахьвахъ районалъул Изаноса Мадина Нуцалхановалъ ва Нечаевкаялдаса Фатима Тӏагьировалъ. Гьединго гӏолилаз бицана, жакъа тӏахьал къватӏире риччазе ккани, дандчӏвалел ругел захӏмалъабазул. Гьезул цо-цоязул руго тӏахьалги. Масала, Фатима Тӏагьировалъ къватӏибе биччана «Насихӏатазул квацӏи» абураб тӏехь. Руго тӏахьал Мадина Нуцалхановалъулги. Живго бетӏергьанаб гьечӏониги,тӏахьал къватӏире риччана Рамазан Гъазимухӏамадовасги. Гьес данде гьабуна магӏарул классиказул асараздаса гӏакъилаб калам, хъвана магӏарул шагӏир Махӏмуд-Апандил кучӏдузул хӏакъалъулъ жиндирго пикраби.\nХадурагӏи\nАбизе ккола гьеб дандчӏвай букӏанин магӏарул маданияталде тӏоцересел галаби тӏамулел гӏолилазулгун бухьен гьабиялъул байбихьийилан. Гьез тӏаде босун буго цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш. Чӏанкӏалги, Махӏмудилги, Цӏадаса Хӏамзатилги, Инхоса Гӏалихӏажиясулги, Хӏамзатил Расулилги, Фазул Гӏалиевалъулги ирсилазул цӏаралъе мустахӏикъаллъун рукӏине ва хутӏизе ккани, бигьаго букӏинеги гьечӏо.\nЗубейрат Ибрагьимова"}
{"slug": "1536-bakhiarzazul-tsiaral-tsiunila-rekiel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1536-bakhiarzazul-tsiaral-tsiunila-rekiel", "title": "Бахӏарзазул цӏарал цӏунила рекӏелъ", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Сергей Меликовас шапакъатал кьуна\n2017 соналъул 17 июналда Табасаран районалъул Ерси росдада гӏагарлъухъ хасаб операция тӏобитӏулаго, къадаралде щвана Росгвардиялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул ОМОНалъул хӏалтӏухъаби. Гьезул гӏагарал чагӏазухъе шапакъатал кьуна РФялъул Миллияб гвардиялъул федералияб хъулухъалъул директор – РФялъул Миллияб гвардиялъул бетӏерав командующий, генерал-полковник Сергей Меликовас.\nГьеб тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевги.\n«Нилъедаса ратӏалъулел руго лъикӏаздаса лъикӏал. Гьезул мисалалда куцалеб буго гӏолеб гӏел. Дагъистаниязе, россиялъулазего гӏадин, хасиятаб буго гӏаданлъи, кумекалъе рахъине хӏадурал рукӏин, ватӏан бокьи. Нилъер бахӏарзазул бихьинчилъиялъ рес кьуна республикаялъул гӏумру лъикӏаб рахъалде хисизабизе, хасго хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабизе. Нилъеда тӏадаб буго бахӏарзазул адаб гьабизеги гьел кидаго рекӏелъ цӏунизеги», — ян бицана Владимир Васильевас.\nГенерал-полковник Сергей Меликовас абуна нилъ налъулал ругин ватӏаналъе гӏоло гӏумру кьурал гӏолохъабазда цере. «Баркала буго жакъаги низам цӏунизе къеркьолел хӏалтӏухъабазе. Нужер хӏаракаталъул хӏасил бихьулеб буго киназдаго: цогидал регионаздаго гӏадин, парахатаб гӏумру буго гьаниб. Жакъа хасго бицине бокьун буго парахалъи цӏунулаго гӏумру кьурал бахӏарчиял дагъистаниязул хӏакъалъулъ», — ан бицана Меликовас.\nГьес Бихьинчилъиялъул орденал кьуна полициялъул кӏудияв прапорщик Султан Абакаровасул лъади Лейла Абакаровалъухъеги, полициялъул кӏудияв сержант Хӏалалмухӏамад Къурбановасул эбел Зайнаб Тӏагьировалъухъеги, полициялъул кӏудияв сержант Тӏагьир Хӏасбулатовасул лъади Зулпият Хӏасбулатовалъухъеги, полициялъул прапорщик Бийсолтан Хӏайбулаевасул вац Темирсултан Хӏайбулаевасухъеги.\nШапакъатал кьуна Дагъистаналъул Росгвардиялъул управлениялъул хӏалтӏухъабазеги. ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовасеги кьуна «Рагъулаб цолъиялъухъ» абураб медаль.\nДРялъул бетӏерасулги\nДРялъул хӏукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ\nДагъистаниязул\nхӏакъалъулъ фильм\nВладимир Васильев дандчӏвана Волгоград областалъул\nгубернатор Андрей Бочаровгун\nАндрей Бочаровасда цадахъ Дагъистаналде вачӏун вукӏана РФялъул МВДялъул Волгоград областалда бугеб Бетӏераб управлениялъул начальник, полициялъул генерал-лейтенант Александр Кравченкоги. Гьелгун дандчӏвана республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовги, ДРялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовги.\nВладимир Васильевас бицана гӏадамазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул мурадалда республикаялда гьарулел ругел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьес ракӏалдещвезабуна Волгоградалда бахъулеб бугеб Сталинград цӏунарал дагъистаниязул хӏакъалъулъ фильмги. Гьеб къватӏибе бачӏине буго ичӏабилеб маялде. «Нижее кӏудияб кӏвар буго гьелъул. Хьулги буго гьелъухъ цадахъ балагьизе рес щвелин абураб. Республикаялъул халкъалдаги бихьизе буго нужеца хӏакъикъаталдаги къимат гьабулеблъи нижер бахӏарчиял ракьцоязул», — ан бицана гьес.\nЛъикӏаб хӏужалъун Васильевас рехсана промышленность цебетӏезабиялъул рахъалъ Волгоград областалъул губернаторасул заместительлъун дагъистанияв вукӏинги. Андрей Бочаровас Васильевасе баркала кьуна, Дагъистаналда хъулухъ гьабулел низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазе лъикӏал шартӏал чӏезариялъухъ.\nРекӏелгъеялъул центразде сапар\nДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас халгьабуна цӏа ккеялдаса цӏуниялъул мурадалда гьабураб хӏадурлъиялъул\nРеспубликаялъул нухмалъулесда цадахъ рукӏана РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб Бетӏераб управлениялъулги дармил центразулги нухмалъулел. Гьел щвана «Этажи» ва «Сити» абурал центразде.\nВладимир Васильевас ракӏалдещвезабуна Кемерово шагьаралда ккараб балагь ва абуна гьединаб пашманаб къо нилъедеги щунгутӏиялъул мурадалда хӏажатал тадбирал цереккунго гьаризе кколин. «Цо-цоязда бичӏчӏулеб гьечӏо жидедаго тӏадаб жавабчилъи. Дармилгун рекӏелгъеялъул центразул бетӏергьабаз абулеб буго, жидеца гуреб, жидехъа ижараялъе тукаби росарал гӏадамаз хвезабулеб бугин гӏадлуян. Киназдаго бихьана Кемеровоялда ккараб жо. Хӏасил – дармил централъул хважаин жанив тӏамуна. Гьединлъидал щибаб централъул бетӏергьанасда лъазе ккола жавабчилъи жиндаго тӏадаб букӏин», — ан бицана гьес.\nРеспубликаялъул нухмалъулес абуна кватӏичӏого халгьабиял рукӏине ругин киналго дармил центразда. «Цӏа ккеялдаса цӏуниялъул низамалъул халгьабулеб мехалда, бизнесчагӏазухъа хӏажат гьечӏониги гӏакӏа бахъунгутӏиялъул мурадалда, нужеца тӏасарище пуланал гӏадамал. Гьел хьвадизе руго халгьабиялъул комиссиялда цадахъ щибаб дармил централде. Гӏунгутӏаби гӏемер руго. Гӏадамазда лъалеб гьечӏо огнетушитель хӏалтӏизабизе, нагагь балагь ккани, гьелдаса жалго цӏунизелъун кирехун ва кисан ине кколебали. Цо-цо бакӏазда къан руго запасалъе тарал нухал – дармие зарал гьабулинги абун», — ан бицана гьес.\nСапаралъул хӏасилал гьес гьаруна, журналистазул суалазе жавабал кьолаго. «Ниж щварал центразул хӏалтӏухъабазда лъалеб батана огнетушитель бугеб бакӏги гьеб хӏалтӏизабизеги. Цӏа свинабулел алаталги руго, гьел жагъаллъунги гьечӏо. Запасалъе тарал нухалги хӏалтӏулел руго», — ян абуна Васильевас. Гьес лъазабуна Европаялъул Чемпионаталде дармилгун рекӏелгъеялъул центразда сверухъ бакӏазда рацӏцӏалъи букӏине кколинги."}
{"slug": "1539-shchivgo-kiochon-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1539-shchivgo-kiochon-gechio", "title": "Щивго кӏочон гьечӏо…", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Кулакасул василан цӏар щвечӏого хутӏана\n«…Кьалда бахӏарчилъи бихьизабурав, Парзуласул тухум «тохаб» батана…»\nЦерегӏанго къоязда редакциялде ячӏарай Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъа Халилова Зулбикаца бицана «Хӏакъикъаталъул» «Рихьизе рокьула лъикӏал гӏадамал» абураб рубрикаялда бахъараб «Бице дур кӏудадал -рагъул гӏахьалчиясул хӏакъалъулъ» абураб макъалаялъ цоги нухалда ракӏалдещвезавунила Кӏудияб Ватӏанияб рагъда чӏварав эмен Парзулав.\n«Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏар кьезе вихьизавун вукӏарав гьесие, кулакасул вас вугилан, гьеб цӏар гуребги, цогидал шапакъаталги кьун гьечӏо, тӏадежоялъе, гьесул цӏар рехсараб бакӏцин гьечӏо. Гьеб ритӏухълъи гьечӏолъи «Хӏакъикъаталъгӏаги» битӏизабилародаян ячӏана дун нужехъе», — ян бицана гьелъ.\nНижергун букӏараб гара-чӏвариялда инсул хӏакъалъулъ Зулбикаца бицараб баян бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.\nДол рукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел сонал. Лъалеб букӏана Европаялда рагъул кор боркьулеб бугеблъи ва фашистал нилъер улкаялъул гӏорхъабазде гӏагарлъулел рукӏин. Киса-кибего гӏадин, Кӏаратӏа росдал гӏолохъабиги хӏадурулел рукӏана Ватӏан цӏунизе. Гӏолилал ругьун гьарулаан гугаризе, гамачӏ рехизе, туманкӏ речӏчӏизе, палугьанлъи гьабизе ва лъедезе, зама-заманалдасан гьезда гьоркьор тӏоритӏулаан батӏи-батӏиял къецалги. Росабалъ гьел тадбирал тӏоритӏулел чагӏи рукӏана, цебехун жидеца армиялда хъулухъ гьабурал гӏолохъаби: райкомалъул рагъулаб отделалъул заведующий Айтбер Бижанов ва ОСИОхималъул инструктор Парзулав Халилов. Гьезул бергьараб гьунар букӏана чотӏа гьунарал гьаризеги, граната рехизеги, кӏанцӏизеги, рекеризеги.\nАйтбер Бижановасул ва Парзулав Халиловасул нухмалъиялда гъоркь районалъул комсомолаз, рагъулаб хъулухъалде ругьунлъизе хӏадурулаго, байбихьуда хӏадурана анкьго танкалъул макет, азаргогӏанасеб цӏулал граната, тункӏал, пулеметал, минометал ва гь.ц. Гӏолохъаби ругьун гьарулаан хвалчаца рагъизеги чода гьунарал гьаризеги. Малъун толароан, гьадин гьабизе кколин абун, жидецаго бихьизабулаан щибаб упражнениялъул мисал ва унго-унголъунги рагъда ругел гӏадин, гурхӏел тун, гӏолохъабаздаса тӏалаб гьабулаан кколеб къагӏидаялда гьел тӏуразари.\n1941 соналъул сентябрь моцӏалда Парзулав Халилов, кьун гӏарзагун, рагъде ана. Гьесда цадахъ рукӏана Кӏаратӏаса М. Гӏазизовги Ансалтӏаса Б. Къайсаровги. Парзулав ккана Дагъистаналда гӏуцӏараб 345-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1163 полкалъул кӏиабилеб батальоналде. Байбихьудаго гьев тӏамуна взводалъул командирлъун. Рагъуе ругьун гьарулаго Дербенталда гӏемер заман бачӏого, гьезул дивизия рехана Новороссийскалде, гьениса — Севастополалде. 1941 соналъул октябралдаса нахъе гьенир кутакал рагъал унел рукӏана. Фашистаз гьенибе рехун букӏана Германиялъул 11-абилеб ва Румыниялъул лъабабилеб армиял, хасал частал ва гӏемераб рагъулаб техника. Цого заманалда шагьаралда вукӏана тушманасул 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун солдат ва офицер, 400 танк, 1000 гӏарада, 500 самолет ва гӏемерал гуми. Къокъго абуни, тушманасул къуват нилъералдаса, гӏадамазул рахъалъ лъабго нухалъ, техникаялъул рахъалъ анлъго нухалъ цӏикӏкӏун букӏана. Тӏадежоялъе, тушманасе кумекалъе цӏи-цӏиял дивизиял ва техника бачӏунеб букӏана, нилъеразе щолеб кумек цӏакъго мукъсанаб букӏана. Щайгурелъул Чӏегӏерралъдадасан Севастополалде рорчӏизе захӏмат букӏана. Рагъулаб фронт Кавказалде гӏунтӏун букӏиндалха.\nГумуздаса рещтӏарабго, дагъистаниялги рагъулъе ккана. Декабралъул ахиралда Севастополь цӏакъго захӏматаб хӏалалде ккун букӏана. Немцаз Северияб бухта цӏунараб дивизиялде кинабго рагъулаб къуват рехана, дивизиялъул гӏемерисел чӏвана, тушманас маххул нухлул станция босана. Гьел рагъазулъ Парзулас бихьизабураб бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьун, гьев тӏамула танкабазде кьвагьдолел гӏарадабазул расчеталъул командирлъун.\nГьоркьор къоял иналдего тушманас цӏидасан гьужумазде байбихьана. Цин сагӏаталъ гӏарада бана, хадур танкабазул ва лъелазул гьужумал рукӏана, цадахъго гьаваялдаса самолетаз бомбабиги рехулаан. Гьеб цӏадул корониб, квералъ ишан гьабун гурони, аскӏов вугев чияс абулеб-ахӏулеб жо рагӏулеб хӏал букӏинчӏо.\nЦиндаго бихьана Халиловасул расчеталде тӏаде щуго танк бачӏунеб. Кӏинусго метргӏанасеб манзил хутӏараб мехалда, нилъер гӏарадабаз гьезие «салам кьезе» байбихьана, бетӏераб танк щущазабуна. Кӏиабилеб танкалъулги «рашот» гьабуна ва гьеб цого бакӏалда тӏад сверизе лъугьана. Кваранаб рахъалде — Ялтаялъул шагьранухде буссун унеб танкалдаги цӏа рекӏана. Танказдаса къватӏире кӏанцӏун, немцаз гьенибго щулалъи кквезе гӏамал гьабуна. Цебесеб кьерда ругел солдатаз гьезде гуллил цӏад бана. Гӏарадачагӏазул тӏоцебесеб хӏалбихьи Халиловасул расчеталъ хӏехьана, гьез тушманасул лъабго танк хвезабуна ва гӏемерал солдатал гъурана. Гьенисан нух къан букӏин бичӏчӏарал тушбаби нахъекъана ва Бальбек лъарахъ щулалъи ккун чӏана.\n1942 соналъул февралалда 345-абилеб дивизиялъул позициялда цӏидасан рагъулаб кор боркьана. Гьеб нухалъги фашистазда нилъеразул фронт тӏезабизе кӏвечӏо ва немцазул гӏемерал солдатал гъурана. Чӏечӏого пулеметги кьвагьулаго, бачӏунеб тушманасул цо танк Халиловасул расчеталдаса нусго галул манзилалда гӏарадачагӏаз цӏадулъе тӏерхьинабуна. Гьеб букӏана Парзуласул расчеталъ ахир лъураб тушманасул ункъабилеб танк.\n1942 соналъул анкьабилеб июналда ккана жеги кутакал рагъал. Гьужум байбихьана Мекензи борхалъиялъул рахъалдасан. Гьелда цебе тушбабаз анкьго сагӏаталъ нилъеразде бана гӏарада, рехана бомбаби. Гьоркьоса къотӏи гьечӏел гьужумал халалъана щуго сордо-къоялъ ва тушманасда кӏвана маххул нухккун цевехун къазе. Амма гьесухъа бажаричӏо нилъер фронт тӏезабун. Северияб рахъалдасан хъатбазе кӏвечӏеб мехалъ, 12 июналда тушманас байбихьана югалъул рахъалдасан гьужумал гьаризе. Гьединалго гьужумал гьаруна Комари абулеб участкаялдасанги. Кӏиябго рахъалдасан тӏолабго къуватги рехун, 18 июналда тушбабазда кӏвана шагьаралъул Северияб бухтаялде рорчӏизе ва Сапун мегӏер бахъизе. Гьеб рагъулъ Халиловасул расчеталъе кьураб буюрухъ букӏана, тушманасул танкабазде кьвагьдон, немцал церехун риччачӏого чӏезаризе. Расчеталъул наводчик чӏвала, живго Парзулав лъукъана, гӏарада чӏунтана, ахиралда гьел, тункӏаз ва гранатабаз рагъиялде ккана. Бащалъи гьечӏеб рагъулъ, гьенив тушбабаз чӏвана Халилов Парзулавги.\n1942 соналъул ункъабилеб июлалда, И. Сталинил буюрухъалда рекъон, 250 сордо-къоялъ бахӏарчилъиялда цӏунараб Севастополь шагьар жибго тезе ккана. Гьеб шагьар бахъулаго, фашистазул 300 азарго солдат ва офицер чӏвана.\nГӏемерал рагъазул бахӏарзазул хобал руго Севастополалда, гьезда гьоркьоб буго нилъер ракьцояв Парзуласул хобги.\nПарзулав Халиловасе Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб цӏар кьезе документал хӏадурун рукӏана, амма кулакасул васазе кьезе бегьуларин, шапакъатал кьолеб хасаб комиссиялъ инкар гьабуна. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб буго машгьурай шагӏир Бахумеседо Расуловалъ Парзуласе сайгъат гьабураб «Къокъаб некӏсияб къиса» абураб кочӏолъги:\nКьалда бахӏарчилъи бихьизабурав,\nПарзуласул тухум «тохаб» батана.\nБегавул Балачил чотӏахъанасе\nБахӏарчиясул цӏар, орденал кьечӏо.\nЦӏакъ ракӏкъварилъун, гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго Парзуласул ясалъул васас: «Кӏудадал бахӏарчияб рагъул нухлул хӏакъалъулъ нижер гӏагарлъиялда лъана, хун хадуб гьесие Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб цӏар кьезеян къваригӏунеб характеристика битӏеян гьарун, командирас росдал советалде битӏун бачӏараб кагътидасан. Кӏудадае гьеб цӏар кьеялъе инкар гьабиялъе бугеб гӏилла бицун, хъвалеб буго: «…так как Халилов П. Х. был кулак, отец его тоже был кулак, который был сослан в один из лагерей ГУЛАГа в Казахстане, где он и сгинул, такого высокого звания он не достоин». Командир гьеб жавабалда рекъечӏеб къагӏида, гьес, дир кӏудадал бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бицун, газеталде кагъат битӏун буго».\nПарзулав рагъде унеб мехалъ, лъабго сон бан букӏана гьесул яс Зулбикаца. Кулак вукӏанин абун бахӏарчиясул цӏар кьечӏого тараб гӏечӏого, инсул цӏар кибго рехсечӏого теялъги буго ясалъул ракӏлъукъун. Жиндирго кочӏолъ Зулбикаца гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго:\nДир рукъалъул къеда бан буго сурат,\nГӏодовчӏун, бакъалда вуго дир дада.\nГьесда рагъул форма — гьечӏо орденал,\nКулакасул васин, кьун гьечӏо гьесий.\nГӏарза кьун ун вуго гьев армиялде,\nЯ рагъда чӏваразулъ гьечӏо гьесул цӏар.\nЯ росдал паркалда гьев рехсон гьечӏо,\n«Абадиялъул тӏехь» — гьев «кӏочон» вуго.\nЖиндирго васасул яс Надираги ячун, 1988 соналда Зулбика ана Севастополалде, инсул хабаде щвезе. Гьелъул анищ букӏана, дадал зонода аскӏой гӏодойги чӏун, гӏодулаго, гьесда жиндирго кьогӏаб къисматалъул хӏакъалъулъ бицине, гьесул рухӏалдасан дугӏа-алхӏам гьабизе. Амма, кигӏан балагьаниги, гьесул хоб батичӏо, рагъда хваразул рухӏалдасан дугӏаги гьабун, гьел тӏадруссине ккана.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1541-khiazhi-murad-giaratskhan-va-gesul-rag-ulab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1541-khiazhi-murad-giaratskhan-va-gesul-rag-ulab-k-ismat", "title": "Хӏажи-Мурад Гӏарацхан ва гьесул рагъулаб къисмат", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Конвоялда хъулухъги гӏемерго лъикӏ унеб букӏана\n«Ракӏалде ккола Цӏияб заманалда Россиялда тӏад багъарараб цониги рагъ букӏинчӏин, гьаб «империалистияб» гӏадин, халкъазул пикруялъулъ инжитаблъунги бугьтанал лъураблъунги лъугьараб. Цониги рагъ ккечӏо гьединаб гъваридаб вакуумалде. Цониги рагъ хутӏичӏо гьеб гӏадин ирсилазул пикруялъулъа хъвагӏараблъун. «Империалистиялда» тӏасан гъобсагӏатго хӏучч цӏана инкъилабалъ. Гьеб сверана «граждан рагъалде» ва букӏинего букӏинчӏеблъун лъугьана».\nЛев Аннинскиясул гьел рагӏабазда тӏадрекъечӏого чӏезе захӏмалъула. Хӏакъикъаталдаги, нусгогӏан соналъ улка буцӏцӏун чӏун букӏана, Дунялалъулго рагъул дол балагьал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ бицине намуслъараб гӏадин. Гӏицӏго тарихчагӏаз ва гьелъул цӏех-рехалъул хӏаракатчагӏаз дагь-дагьккун ракӏалдещвезабулеб буго нилъеда доб гӏазаб-гӏакъуба гьарзалъараб заманалъул хӏакъикъат.\nТӏоцебесеб дунялалъулго рагъуца тӏубанго хисизабуна Европаялъул картаялъул сурат. Гьеб букӏана Европаялъул маданияталъулъ, ай цебетӏеялъул нухда цо гӏорхъилъун лъугьараб заман, гьеб букӏана консерватизмалъулаблъун, лъай тӏибитӏизабиялъулаблъун ва чӏара-хьараб хӏал лъугьараблъун рикӏкӏунеб ХӀX гӏасруялъул ахир – чӏахӏиял инкъилабазулаб ва дунялалъулго рагъазулаб, тӏолабго халкъалъе гьабулеб терроралъулаб ва технология хехго цебетӏеялъулаб XX гӏасруялъул авал.\n1914-1918 соназул гьел чӏахӏиял лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъана дагъистаниялги. 1904-1905 соназул гӏурусазулгун япониязул рагъул заманалдаго гӏадин, рагъулаб хъулухъ тӏадаблъун гьабун букӏинчӏониги, гьел лъугьана Тӏоцебесеб дунялалъулго рагъ байбихьараб заманалда гӏуцӏараб кӏиабилеб Дагъистаналъулаб рекӏаразул полкалде. Гьенире хъвазе бокьарал гӏемер рукӏана. Полк гӏуцӏиялъе цӏикӏкӏараб квербакъи лъугьана «пачаясе ва Ватӏаналъул цӏар-реццалъе гӏоло» абун гьабулеб букӏараб пропагандаялъ, гьединго мугӏрузул халкъазда гьоркьоса рагъухъанасул гӏамал-хасиятги ва гӏарац тӏалаб гьабизе гъираги. Рекӏаразе кьолаан, лъикӏаб мухь гуребги, кьили-тӏенк, ретӏел-хьит ва ярагъ.\nКӏиабилеб Дагъистаналъул рекӏаразул полк гьоркьобе унаан Кавказалъул халкъазул рекӏаразул дивизиялде, рагъулъ бихьизабураб кутакаб ва киналго хӏайранлъизарураб бахӏарчилъиялъухъ балагьун, нахъа гьеб машгьурлъана «Гӏалхулаб дивизия» абураб цӏаралда гъоркь. 1917 соналъул Октябралдаса хадуб дивизиялъул ва гьелда гьоркьоре унел рукӏарал полказул рагъулаб тарихги Кавказалдаса рекӏаразул гьунаралги Кавказалъул халкъазул тарихалда гьоркьоса тӏуранго хъвагӏан рукӏана.\nТӏоцебесеб дунялалъул рагъул бахӏарзазда гьоркьоса цоявлъун ккола кӏиабилеб Дагъистаналъул рекӏаразул полкалъул офицер, Чӏикӏаб росулъа Хӏажи-Мурад Гӏарацхан.\nРагъулаб хъулухъалъ эхеде вахин\nГьев гьавуна 1880 соналъул 15 августалда. Лъугӏизабуна Темир-Хан-Шураялъул реалияб училище ва жиндиего бокьун лъугьуна тӏоцебесеб даражаялда рекъон эркенго хъулухъ гьабулев рагъухъанлъун. Россиялъул императорасул армиялде гьедин эркенго хъулухъ гьабулел рагъухъабилъун росулаан тӏадаб рагъулаб хъулухъалдаса эркен гьариялъулъ бигьалъаби гьечӏел, цо хасаб даражаялъул лъай бугел ва рагъулаб хъулухъалде жидеего бокьун лъугьине ракӏалде ккарал гӏолохъаби. 1898 соналъул 31 августалда Хӏажи-Мурад восула Москваялъул рагъулаб училищеялъул юнкерлъун, кватӏичӏого гьениса витӏула Киевалъул рагъулаб училищеялде ва гӏодобегӏанаб классалде хъвала. 1899 соналъул 2 сентябралда гьев вахъуна унтер-офицерлъун ва тӏамула взводалъул портупей-юнкерасул ишал тӏуразарулевлъун, цинги – гьитӏинав унтер-юнкерлъун (29.09. 1999), кӏудияв портупей-юнкерлъун (22.12.1899). Хӏажи-Мурадица училище лъугӏизабуна 1-себ даражаялда (бищунго лъикӏал къиматазда), гьесие кьуна Дагъистаналъул лъелазул полкалъул подпоручикасул чин (9.08.1900).\n1901 соналъул 18 декабралда 6 моцӏалъ командировкаялъ витӏула Дагъистаналъул рекӏаразул полкалде, рекӏаразул хъулухъалъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьелдаса хадуб гьеб полкалда бухьараблъун лъугьуна гьесул рагъулаб хъулухъ.\nГӏурусазулгун япониязул рагъда\nГӏурусазулгун япониязул рагъ (1904–1905) байбихьараб мехалда, Николай Кӏиабилев паячаяс Кавказалъул халкъазде хитӏаб гьабула, Япониялъулгун рагъда гӏахьаллъейилан ахӏи бан. Гьедин гӏуцӏараб Кавказалъул рекӏаразул бригадаялде гьоркьобе унеб букӏана кӏиабилеб Дагъистаналъул рекӏаразул полкги. Гьеб полк гӏуцӏана ургъунго Япониялъулгун рагъда гӏахьаллъизе, полкалде хъвалел рукӏана гьеб заманалдего гӏуцӏараб Дагъистаналъул рекӏаразул полкалдаса ва Россиялъул цогидал частаздаса жидеего бокьун кьалде ине разилъарал рагъухъаби.\n1904 соналъул марталда, хорунжиясул чинги кьун, Хӏажи-Мурад вачуна кӏиабилеб Дагъистаналъулаб рекӏаразул полкалде гъорлъе. Гьев Дагъистаналъул Порт-Петровск шагьаралде вачӏуна гьеб полк данделъараб бакӏалде ва 50-абилеб сотӏниялде хъвала. Гьениса полк маххул нухдасан ана рагъул кор боркьун букӏараб Маньчжуриялде.\nГӏурусазулгун япониязул рагъулъ Хӏажи-Мурадица бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бицуна гьесул хъулухъалъулаб сияхӏалда хъван ругел шапакъатаз ва чиналъ эхеде вахинавиялъул баяназ:\n* нусилбетӏерлъун тӏамуна (10.10.1904);\n* «Бахӏарчилъиялъухъ» абун тӏад хъвараб ункъабилеб даражаялъул гӏазизай Аннал орден шапакъаталъе кьуна;\n* полкалъул адъютантасул ишал тӏуразарулевлъун тӏамуна (20.11.1904);\n* Бенсиху абулеб бакӏалда рагъулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб лъабабилеб даражаялъул гӏазизай Аннал орден (9.01.1905);\n* Япониялъул рагъулъ батӏи-батӏияб заманалда тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб лъабабилеб даражаялъул гӏазизав Станиславил орден (9.01.1905);\n* полкалъул адъютантасул хъулухъалда тасдикъ гьавуна (30.01.1905);\n* батӏи-батӏияб заманалда япониязулгун рагъазулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун цадахъаб кӏиабилеб даражаялъул гӏазизав Станиславил орден (1.04.1905);\n* Мукденалда гӏагарлъухъ рагъазулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб 4-абилеб даражаялъул гӏазизав Владимирил орден (17.08.1905);\n* рагъулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ хвалчабигун цадахъаб кӏиабилеб даражаялъул гӏазизай Аннал орден кьун буго (2.10.1908);\n* 1904–1905 соназул гӏурусазулгун япониязул рагъул заманалда Багӏараб Хъанчил Россиялъул жамагӏаталъул хӏаракатчилъиялъулъ гьабураб гӏахьаллъи ракӏалдещвеялъе шапакъаталъе кьуна Багӏараб Хъанчил медаль (21.04.1909).\nПачаясул конвоялда\nМагӏаруласул гьединал цӏикӏкӏарал рагъулал гьунаразде гьесул командирзабаз кӏвар кьечӏого хутӏичӏо: рагъ лъугӏарабго, Хӏажи-Мурад вачуна Санкт-Петербургалде Тӏадегӏанав Императорасул конвоялда хъулухъ гьабизе ва гьев хъвала Лейб-гвардиялъул Терекалъулаб хъазахъазул сотӏниялда нусилбетӏерлъун (15.04.1906).\nКонвоялда хъулухъги гӏемерго лъикӏ унеб букӏана. 1910 соналъул апрелалъул ахиралда гьев вахъана подъесауллъун, дарсал кьолаан подхорунжиязул школалда.\nИмператорасул конвой гӏуцӏаралдаса нусго сон тӏубай кӏодо гьабуна 1911 соналъул маялда. Гьеб гӏуцӏараб къоялдаса байбихьун, конвоялъул тарих бихьизабулеб рохалилаб тадбиралда рекӏараз ретӏун букӏана жиб-жиб заманалъул форма – офицерзабазда ва солдатазда тӏад букӏана нусго соналда жаниб конвоялъул киналго къокъабазул букӏараб ретӏел. Мугӏрузул халкъазул вакилзабаздаса гӏуцӏараб кӏиабилеб взводалъул унтер-офицерасул букӏараб формаги бихьизабуна гьениб. Хӏажи-Мурад Гӏарацхание изну кьун букӏана гьеб ретӏине. 18 маялда, юбилеялъул къоялъ, Царское Селоялда Кӏудияб кӏалгӏаялъул майданалда букӏана парад. Гьениве пачаги вачӏун вукӏана жиндирго хъизамгун цадахъ. Тадбиралъул ахиралда букӏана байрамалъулаб къасиквен ва фейерверк. Нахъисеб къоялъ рукӏана чуял рекеризе тӏами, чуязда рекӏухъе батӏи-батӏиял гьунарал гьари. Цинги – байрамалъулаб къадеквен, сайгъатал рикьи, гӏарцулал шапакъатал кьей ва гь. ц. Фотоаппаратаз сураталги рахъулел рукӏана. Чанго сураталда вихьизавун вукӏана тӏадехун рехсараб, 2-абилеб взводалъул унтер-офицерасул хӏикматаб форма ретӏарав Хӏажи-Мурад Гӏарацханги.\n1812 соналъул Ватӏанияб рагъул нусгосонилаб юбилей ракӏалдещвеялъе Хӏажи-Мурадие кьуна медаль (1912), гьединго гьев мустахӏикълъана Романовазул хъизамалъ пачалъи гьабизе байбихьаралдаса 300 сон тӏубай ракӏалдещвеялъул медалалъеги (1913).\nКонвоялда гьабураб хъулухъ лъугӏараб мехалда, Гӏарацхание кьуна Императорасул конвоялда хъулухъ гьабуралъухъ» гӏаламат (5.04.1913) ва гьев Дагъистаналде витӏана Дагъистан областалъул рагъулав губернаторасул тӏадкъаял тӏуразарулев обер-офицерлъун. 1914 соналъул августалда гьев вукӏана Самур округалъул начальникасул кумекчиясул ишал тӏуразарулев. Гьеб букӏана Тӏоцебесеб дунялалъулго рагъ байбихьаралдаса моцӏгӏанасеб заман араб мех.\n«Гӏалхулаб дивизиялда»\n1914 соналъул 23 августалда Никӏалай Кӏиабилев пачаясул Тӏадегӏанаб буюрухъалдалъун лъазабуна «Кавказалъул халкъазул рекӏаразул дивизия» гӏуцӏулеб бугилан. Гьелде гьоркьобе ине кколаан анлъго полк: Кабардиназулаб, кӏиабилеб Дагъистаналъул, Чачаназул, Татаразул, Чергесазул ва Ингушазул. Кӏиабилеб Дагъистаналъул полк гӏуцӏулеб букӏана рагъде ине бокьараздасан, эркенаб рагъулаб хъулухъ гьабулел рукӏараздасан ва Россиялъул армиялъул батӏи-батӏиял частаздаса, гьездаго гьоркьоб Тӏоцебесеб Дагъистаналъул рекӏаразул полкалдаса командировкаялъ ритӏун рачӏарал офицерзабаздаса. Гьедин, дагъистаниязул кӏиго полк гӏахьаллъулеб букӏана Тӏоцебесеб дунялалъул рагъул фронталда.\n1914 соналъул 26 октябралда Гӏарацхан лъугьуна Кавказалъул халкъазул рекӏаразул дивизиялъул («Гӏалхулаб дивизия») кӏиабилеб Дагъистаналъул полкалде.\nРоссиялъул армиялъул цогидал частазда мухъилал рагъухъабазда абулеб букӏараб батани, «гъоркьехунисеб чиналъулал» абун, гьездаса батӏаго, «Гӏалхулаб дивизиялъул» мухъилал рагъухъабазда цӏар лъун букӏана «рекӏарал» абун. Гьезул ихтияр букӏана офицерзабаздехун «мун» абун кӏалъазе, гьезие щолаан лъикӏаб мухьги – моцӏие 25 гъуруш. Полкалде лъугьунесул букӏине кколаан жиндирго чу, чое хӏажалъулеб кьили, чӏолохъжо ва цогидабги, ретӏел ва ханжар-хвалчен. Рес гьечӏезе пачалихъалъ кьолаан чуял. Гьелде тӏадеги, жиндиего бокьун полкалде хъвалесе хъулухъалде лъугьунеб мехалъ кьолаан хазинаги.\nХӏажи-Мурад Доногъо"}
{"slug": "1542-nil-er-bakhiarzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1542-nil-er-bakhiarzal", "title": "Нилъер бахӏарзал", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Чӏегӏерав Гӏумар\n«Бихьанщинабги рагӏанщинабги гӏадамазе гьурщулев вугони, дун мацӏихъан ккола», — ян абулаан имамасул чапарас\nШамил имамасул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъаз эркенлъиялъе ва жалго жидедаго чӏеялъе гӏоло гьабураб рагъулъ имамасул аслияб ярагълъун букӏана муридзабазул бахӏарчилъи ва гӏорхъи гьечӏеб къвакӏи. Щибаб магӏарул росулъ рукӏана гьелъие мисалиял бахӏарзал. Гьединазул цоявги вукӏана лебалав бахӏарчи, Кӏаратӏаса Чӏегӏерав Гӏумар.\nГӏумар машгьурлъана Гъалбацӏдибирасул нухмалъиялда гъоркь вагъулаго. Хӏинкъи-къай гьечӏев гьев, наибас жиндирго бодул байрахъулавлъун тӏамуна. Рагъулаб гӏадлу-низамалда, гӏадатлъун батухъе, байрахъуласул иш тӏубай бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун букӏана. Байрахъулав кидаго цебесеб кьерда, тушманасдаса вахчичӏого, гуллие керен кьун, цеве инеги, тушманасдаса жибго байрахъ цӏунизеги кколаан. Тушманасул байрахъ бахъизе щвани яги, байрахъулавги чӏван, байрахъ гӏодобе бортани, гьеб иш гьунарлъун рикӏкӏунаан. Гьединлъидалин гьел рагъулъ бищун гӏемерги чӏвалел рукӏарал.\nДаргъо, Шали, Ведено росаби рахъулаго, Гӏумар лъабцӏул лъукъана, амма гьес байрахъ чияхъе кьечӏо. Залимаб черхалъул къуватав гӏолохъанчиясда гьел ругънаца шокълъиго ккезабичӏо.\nКӏаралазул наиб, бодул цевехъан ва гӏалимчи Гъалбацӏдибирасулги имам Шамилилги лъикӏаб гьоркьоблъи ва щулияб божилъи букӏана. 1844 соналда ахӏараб гӏалимзабазул мажлисалда имамас суал лъун букӏана, жив кӏодолъунги вугин, имамлъун цогидав вищейилан. Амма мажлисалъул гӏахьалчагӏаз гьеб къабул гьабичӏо.\nИмам Даргъов рещтӏиндал, гьесие хӏажалъана магӏарулазулгун щулияб хурхен чӏезабизе. Доб мехалда гьелъие цохӏого цо рес букӏана имамасул амругун, кагъатгун рекӏарал чапарзаби рахъ-рахъалде ритӏи, гьезго магӏарухъ бугеб ахӏвал-хӏал лъазаби ва наибзабазул кагътал имамасухъе щвезари. Гьеб бухьен-хурхеналъе хӏажалъана хасал гӏадамал — рагӏи дагьал, балъголъи цӏунизе бажарулел, бокьараб мехалда сапаралъ рахъине хӏадурал, хӏинкъи рекӏелъ гьечӏел бахӏарзал. Гьез имамасухъе кьучӏаб баян бачӏине кколаан. Наиб Гъалбацӏдибирасе рес букӏинчӏо имамасул тӏалаб гьев разияб куцалда тӏубачӏого ва жиндирго байрахъулав Гӏумар кьезе ккана имамасул чапарлъун. Гьесда киназго Чӏегӏерав Гӏумарин абулаан. Хӏакъикъаталдаги гьев вукӏана чӏегӏераб расалъул, чӏегӏерал беразул, 40 сон барав мурид. Гьединаб ригьалъул рагъухъаби бищунго хириял рукӏана имамасеги.\nЧӏегӏерав Гӏумар имамасул амру тӏубазе рагъул майданалдаги хӏадурав вукӏана. Гьев ине кколаан имамасул амругун наибзабазухъе. Гьеб ишалда мухӏканлъи гьаби Гӏумариеги хӏажатаб шартӏлъун букӏана. Рагъал къотӏанилан чапарзабазе хӏалхьи букӏинчӏо. Гьел къватӏире рахъунаан сундухъго балагьичӏого ва имамас цӏараб заманалда наибзабазухъе щвезе кколаан: наибзабаз хисизе кколаан гьезул чуял, хӏажалъи ккани кьезе кколаан хинаб ретӏел ва ярагъ.\nИмамасдаги наибзабаздаги гьоркьов хьвадулаго, гьезул рукӏа-рахъин, хьвада-чӏвади, гӏамал-хасият Гӏумарие баянаб букӏаниги, гьес гьезул хӏакъалъулъ щибго цӏар бахъулароан. Гьесие хириял рукӏана «Ца таралъ мегӏер тола», «Гӏинкъавлъун рокъове лъугьа, беццавлъун къватӏиве вахъа» гӏадинал кицаби. Муридзабаз гьесда гӏемер абулаан: «Мун, ракӏалда бугеб жо чияда бицинчӏого, чӏегӏерлъарав Гӏумар вуго», — ян. «Бихьанщинабги рагӏанщинабги гӏадамазе гьурщулев вугони, дун мацӏихъан ккола», — ян абулаан Гӏумарицаги.\n1853 соналъул риидал «Зоно» абулеб кӏаралазул къварилъухъ къоазарго мурид данделъана. Гьениве вачӏана имам Шамилги. Сундуе гьебгощинаб аскар данде бакӏарулеб бугебали имамас лъазе течӏо жиндирго васасда — кӏаралазул наиб Гъазимухӏамадидагицин. Гьеб лъазе бокьарав Гъазимухӏамадица инсуда цӏехана, кинаб рахъалдехун нухал къачӏазе кколел боялъеян. Имамас гьесда абуна: «Ункъабго рахъалдехун къачӏай, лъикӏав наибасул нухал кидаго къачӏан рукӏине ккола», — ян. Гьеб бо бакӏарулагоги Гӏумарица кӏудияб жигар бахъана ва богун цадахъ Гуржиялъеги ана. Рекӏаразул бетӏерлъуда имамас вас тана, лъелазул цевехъанлъун наиб Даниял-Султӏан тӏамуна.\nКӏиго анкьалъ халатбахъараб гьеб чабхъадул хӏасилалда имамасе щвана бечедаб давла: гӏемераб гӏарац-меседги гӏи-боцӏиги асир, гуржиязул пача Гьерекӏлил меседил тажги гьаруна гӏемерал гуржиял ва гьездаго гьоркьор гиназ Чавчавадзел бикабиги.\nГьеб соналъ гӏурусаз Чачаналда рохь гъуризе байбихьана, хасго Шалиялъул рахъалдахун. Муридзабаз гьезде гьужумал гьарулаан. Гӏурусазул солдатал цоял гъутӏби къотӏулел, цогидал дагьалги гьездасаги церехун хандакъал рухӏун, гьел цӏунун хъаравуллъуда рукӏунаан. Солдатал ругеб рахъ цӏехезе рахине кколаан рорхатал гъутӏбузде. Муридзабазул дагӏба ккана гъотӏоде вахине хӏинкъуларев бахӏарчи щив абун. Цояс абуна «Чӏегӏерав Гӏумарида цеве кӏанцӏизе лъидаха кӏолеб?» — ан. Гьесие жавабги гьабичӏого, Гӏумар кету гӏадин гъотӏол каралъе харун ана. Рахъ-рахъалде валагьана — солдатал ругоан аскӏорго гӏадин. Гъоркьехун вачӏунев вукӏарав гьесул гьаракь борчӏана, ва гьеб параялъго тункӏил кьвагьи бахъана. Гӏумар гъотӏодаса вортичӏо, амма, ракьалде щваравго, къахӏан чехьги ккун, гӏодов чӏаралъуса вагъаричӏо.\nЦо гӏолохъанчияс абуна: «Валлагь, цӏакъ бухӏараб жо батизе буго гулла, Чӏегӏерав Гӏумарилцин гьаракь борчӏана», — ян.\nГӏумарица кӏиго къо бана Даргъоб. Местӏераз бажарарабщинаб дару гьабуна. Гӏумарие бокьана сахлъани сахлъизеги, хвани хвезеги магӏарухъе ине. Имамас цадахъ муридгун гьев Гӏандиве, наиб Лабазанихъе витӏана. Гьес Гӏумар щвезавуна Кӏаратӏе. Гӏумарие дару гьабизе тӏаделъана местӏерал, ракӏарана гьел сверухъ ругел росабалъаги, амма хӏасил ккечӏо — анкьидасан гьев къадаралде щвана.\nЛъукъидал, жиндихъе раккизе рачӏарал гӏадамазда Гӏумарица абун буго:\n— Нагӏана батаги тӏоцебе дида кьварарав бахӏарчиян абурасе. Гӏумруялъго кьварун, лебаллъиялда гурищ чӏезе ккарав, щвечӏогурищ чорхое рахӏат, рокъоб парахалъи, хъизан-лъималазул недегьлъи. Гӏумру ана чу кьололаго, туманкӏ цӏовухъего, рачел къанго, — ян.\nГӏумар хвана 1854 соналъул хаслихъе. Гьев вукъун вуго Кӏаратӏа тӏасахабалалъ, Шамилил вас Жамалудинида аскӏов, гьезие ран руго хӏужрабиги.\nЗонода гӏарабалъ гьабураб хъвай-хъвагӏаялда руго гьадинал рагӏаби: «Гьаб буго гъалбацӏазда гьоркьовги гъалбацӏ, бицун хӏалкӏолареб бахӏарчилъиялдалъун машгьурав мурид, Даргъо щулалъиялда капурзабигун рагъда шагьидлъарав Гӏумарил хъуба. Аллагь тӏасалъугьаги гьесдаса! Амин», — ан. Хӏужра бана ва зани чӏвана имам Шамилил амруялда рекъон.\nБ. Тӏагьировасул «Кӏаралал»\nабураб тӏехьалдаса"}
{"slug": "1543-zaid-khiazhievas-120-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1543-zaid-khiazhievas-120-son-tiubayalde", "title": "Заид Хӏажиевас 120 сон тӏубаялде", "date": "2018-05-03 00:00:00", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Досул кучӏдул кидаго нилъгун руго\nЗаидил тӏоцересел кучӏдул магӏарулазухъе щвана 1920-абилел соназдаго. Гьесул кучӏдузул тӏоцебесеб мажмугӏин абуни басмаялда бахъана 1931 соналда.\nЗаид Хӏажиев гьавуна 1898 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесда лъана гӏумруялъул кьогӏлъиги, граждан рагъазул цӏадул бухӏиги, советияб заманалда гӏадамазе жидерго кочӏодалъун, журналистасулаб бегӏераб къалмидалъун хӏасратго хъулухъ гьабиялъул рохелги.\nЗаидил тӏоцересел асаразул хиси гьечӏеб темалъун букӏана гӏумруялъулъ, магӏаруласул вукӏа-вахъиналъулъ, социалистияб гӏуцӏарухъанлъиялъулъ кколел чӏахӏиял хиса-басиял, заралиял, басриял гӏадатазде данде гьабулеб къеркьей, нилъер рокъоре таваккалго лъугьунел цӏилъиялъул гьайбатал гӏаламатаздаса вохи. Щивав магӏаруласул рекӏелъги кӏалдирги рукӏана дол соназда Хьаргаби электростанция баялъул хӏакъалъулъ Заидица хъвараб «Электрик кьолеб кьурулаб кантор» абураб кочӏолъа гьал рагӏаби:\nРорхатал мугӏрузул гӏорал хьвадулеб,\nХьаргаби къварилъи къалеб рагӏула.\nКъаралазул иццал эхер чвахулеб,\nЧаран кьурул кӏалтӏу бацун рагӏула.\nЗаид Хӏажиевасул «Кулакалъул магӏу», «Питначагӏи», «Берцинаб сардил сурукъав гьобол», «Мулла ва глобус», «Сигнал», «Вихьизе гьанжесев, живго цевесев», «Магӏаруллъи» абурал ва цогидалги кучӏдул хехго тӏиритӏана магӏарул адабият бокьулезда гьоркьор. Лъикӏаб къимат щвана гьесул «Сулахъ» ва «Буран» абулел поэмабазеги.\nЗаид Хӏажиев ккола кучӏдузул къогоялдасаги цӏикӏкӏун мажмугӏалъул автор. Гӏемеразда рекӏехъе лъала ва гъираялда ахӏула рокьул ва советиял рагъухъабазул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ Заидица хъварал кучӏдул. Чӏахӏиязего гӏадин, хӏасраталда, ракӏбатун, Заидица кучӏдул хъвалаан лъималазеги. Гӏисинал цӏалдолез рокьун, рохун къабул гьаруна «Хӏанчӏикӏкӏал», «Меседил гага», «Ракълил микки» абурал ва цогидалги тӏахьал. Жиндирго цо кочӏолъ гьадин хъван букӏана шагӏирас:\nДие щибго рецц-бакъ къваригӏун гьечӏо,\nКъаламалъе къимат дир халкъалъ кьела.\nМашгьурлъи- цӏаралъул бицунеб гьечӏо,\nЦӏалулел разиял ругони гӏела.\nХӏакъикъаталдаги халкъалъ, гьесул тӏахьал цӏалулез, республикаялъул жамгӏияталъ, коммунист партиялъ ва хӏукуматалъ Заид Хӏажиевасул кочӏолаб гьунар-махщалие тӏадегӏанаб къимат кьуна. Шагӏирасул лъабкъогосонилаб юбилей кӏодо гьабулел къоязда, 1958 соналда, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун, Заид Хӏажиевасе кьуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир абураб цӏар.\nГраждан рагъул заман, магӏарухъ букӏараб хӏалуцараб ахӏвал-хӏал, бечелъиялда ва мискинлъиялда, басриялда ва цӏиялда, бижун бачӏунелда ва хун унелда гьоркьоб букӏараб рекъел гьечӏеб къеркьей бихьизабун хъварал руго Заидил лъикӏаланго асарал. Гьедин цебечӏезабулеб буго шагӏирас цо кочӏолъ граждан рагъул заманалда жиндирго росдал букӏараб сурат:\nАнкьцӏуса биххараб, микьцӏул буцӏцӏараб\nМуридзабаз сверун ккуна дир росу.\nХъахӏал чанахъабаз, тӏаде къулараб\nМагӏардасан гӏужий босана росу.\nКъаси Хунзахъ гъасда цӏаял ракичӏо,\nЦӏаял тункӏил кӏалдир ракун рукӏана.\nЦохӏониги рокъоб чирахъ рекӏинчӏо,\nЧирахъ пулеметаз бакун букӏана.\nМагӏарул адабият хириязда Заид Хӏажиев лъала драматург ва прозаик хӏисабалдаги. Магӏарул росабалъ кӏудияб гӏелалъул гӏадамазда рихьана Заидица хъварал «Хӏаскъил ва Шамил», «Къиямасеб къо», «Бацӏил сордо» абурал пьесабазда рекъон лъурал спектаклял. Жеги 1934 соналдаго магӏарул адабияталъул тӏасарищарал асаразул Ражаб Динмухӏамаевас данде гьабураб тӏехьалда бахъун букӏана Заидица хъвараб «Я нух балагьила, я хвел босила» абураб хабар. Гьеб буго Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏа росу партизаназ ва багӏарармейцаз бандаздаса эркен гьабиялъул хӏакъалъулъ, живго гъорлъ гӏахьаллъарав гӏадин хъвараб асар. Цӏалдолез лъикI къабул гьабуна Заидица хъвараб «Багӏараб отряд» абураб къисаги.\nЗаид Хӏажиев вукӏана къалам бегӏерав журналистги. 1934-1936 соназда гьев цӏалана Москваялда коммунистияб институталъул журналистазул отделениялда. Хӏалтӏана учительлъун, Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялъул редакторлъун, КПССалъул обкомалъул печаталъул секторалъул инструкторлъун. Киса-кивго гьес живго вихьизавуна ритӏухълъи цӏунарав, бажари бугев хӏалтӏухъанлъун. Заидил журналистасулаб гьунар унго-унгояб куцалда загьирлъана ва камиллъана гӏемерал соназда «Магӏарул большевик» газеталъул жавабияв секретарьлъун ва редакторлъун хӏалтӏулаго. Гьесул къалмикьа ана Дагъистаналда социалистияб гӏуцӏарухъанлъиялъул бергьенлъабазул хӏакъалъулъ бицунел кӏвар бугел макъалаби, очеркал, фельетонал. Газеталъул гьурмаздасан магӏарулазухъе щвана гьесул цӏи-цӏиял кучӏдул. Редакторлъун хӏалтӏулаго, Заидица малъа-хъваяздалъун хӏалкӏвараб кумек гьабулаан хъвадаризе байбихьулел гӏолохъанал авторазе, «тӏад квер бахъун» газеталда лъолаан гьезул асарал.\n1926 соналдаса нахъе КПССалъул член, 1939 соналдаса нахъе СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член Заид Хӏажиевас хӏаракатаб гӏахьаллъи гьабулаан республикаялъул хъвадарухъабазул организациялъул жамгӏияб гӏумруялъулъ. Гьев вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъунги. Гӏемерал соназда Заидица нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магӏарул секциялъул хӏалтӏуеги.\nЗаид Хӏажиев гӏахьаллъана Москваялда тӏоритӏарал Дагъистаналъул адабияталъул ва искусствоялъул къоязда. Гьениса тӏадвуссиндал, гьес хъвана ва «Магӏарул большевик» газеталда бахъана «Дагъистаналъул булбул» абураб кечӏ. Гьеб букӏана СССРалъул Пачалихъияб премиялъул лауреат Исбат Батӏалбеговалъ Москваялда Колоннияб залалда ахӏараб кечӏалъ гӏенеккулезе гьабураб кӏудияб асаралъул, гьел хӏайранлъизарураб куцалъул, хъатчӏван чанго нухалда гьей цее яхъинайиялъул хӏакъалъулъ хъвараб. Адабияталъул ва искусствоялъул къоязулъ гьабураб жигараб гӏахьаллъиялъе гӏоло З. Хӏажиевасе кьуна Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Хӏурматияб грамота.\nЗаид Хӏажиев гӏахьаллъана 1960 соналда Чечено-Ингушетия АССРалда тӏоритӏарал Дагъистаналъул адабияталъул вечераздаги. Гьел вечеразул асаралда гъоркь хадуб гьес хъвана халкъазул гьудуллъи кӏодо гьабурал кучӏдул.\nЗаид Хӏажиевасда лъикӏ лъалаан кида ва сундул хӏакъалъулъ кечӏ хъвалебали. Гьесул гӏемерисел асарал, хасго сатирикиял кучӏдул руго чӏванкъотӏарав чиясул пуланаб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ хъварал. Гьединлъидал гьел мурадалдеги щолаан – гӏадамаз хехго лъазарун ахӏулел ва рикӏкӏунел рукӏана. Шагӏирас жиндирго цо кочӏолъ абун буго гьадин:\nДица ургъичӏого рагӏи абичӏо,\nАдресги гьечӏого гьелгьезе аян.\nЭхеде валагьун, рагӏи абичӏо,\nГьорол нухаздасан сверизе аян.\nГьекъолдухъабазда, руччаби хӏакъир гьарулел «рокъобагьадурзабазда», хӏелхӏелчагӏазда, цӏогьазда чӏорал речӏчӏараб Заидил сатираялъ квербакъи гьабуна цӏияб гӏумру гӏуцӏиялъул нухда дандчӏвалел квалквалал къезаризе, гӏадамал кантӏизаризе. Гьабсагӏаталдаги магӏаруласул столалдаса камулареллъун лъугьана Заидил «Хъахӏилаб экран», «Дир сайгъат», «Тӏасарищарал асарал» абулел тӏахьал.\nЗаид Хӏажиевасул жамгӏиябгун политикияб ва литературияб хӏаракатчилъиялъе Ватӏаналъ тӏадегӏанаб къимат кьуна. Гьесул каранда рана Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул ва «Хӏурматалъул гӏаламат» орденал. Дагъистаналда советияб хӏукуматалъе гӏоло рагъазулъ гӏахьаллъаралъухъ Кӏудияб Октябралъул социалистияб революциялъ 50 сон тӏубаялъул хӏурматалда, Заид Хӏажиевасе 1967 соналда кьуна Багӏараб цӏва орденги. Гьесул захӏматалъулаб хӏаракатчилъи чанго нухалда кӏодо гьабуна ДАССРалъул Президиумалъул Хӏурматиял грамотабаздалъун.\nЗаидил кочӏол гьаракь гьесул къалмикьа рижарал хӏасратал рагӏаби, хӏалихьатазда, хӏарамзадабазда, хӏиллачагӏазда речӏчӏулел бегӏерал чӏорал жакъаги нилъеда цадахъ руго.\nГӏабдулмажид Хачалов,\n«Багӏараб байрахъ», 1988 сон"}
{"slug": "1661-shchivgo-kiochon-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1661-shchivgo-kiochon-gechio", "title": "Щивго кӏочон гьечӏо…", "date": "2018-05-15 00:00:00", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Чӏохъа Гӏабдулажид\nГӏумруялъ гӏезегӏан кӏвекӏаниги, жакъаги лъикӏаб жаналда вуго ветеран\nГьеб букӏинчӏо нижер тӏоцебесеб дандчӏвай. Щибаб нухалъ Гъазалиев Гӏабдулажидида мисалалъе бачине батулаан цебехун рагӏичӏеб, амма хадубккун тӏад пикраби гьаризе тӏамулеб лъугьа-бахъин. Цин гьес нилъ рачуна пачаясулаб Россиялде, цинги рикӏкӏадаб 1937 соналъул ракӏ гъанцӏизабулел лахӏзатазде. Гьел соназ Гӏабдулажидил эмен, мунагьал чураяв Гӏиса, кулакги гьавун, чӏван вугилан бицуна…\nГӏемерал соназ киса-кибего цадахъ букӏанилан абизе бегьула Гӏабдулажидида «тушманасул, кулакасул вас» абун лъураб тӏокӏцӏар. Гьеб сабаблъун, гьесда дандчӏвачӏеб захӏмалъиги бухӏиги хутӏунго батиларо.\nГӏагараб росулъ букӏараб минаги бахъун, гочине ккана шагьаралде. Щуго класс лъугӏидал, инсул вацасда цадахъ витӏана Грозныялде. Гьениб ФЗУги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана фельдшерал хӏадур гьарулеб школалде.\n— Гьенив цӏализеги спорталъеги лъикӏав вукӏана дун, — ян бицана Гӏабдулажидица. — Цо нухалда мисалияв студент хӏисабалда, лагералде витӏулев вукӏана, амма виччачӏо кулакасул вас витӏулеб бакӏ гьеб гуриланги абун. Хӏисаб гьабе, кулакасул вас вугинги абун, Советияб армиялда хъулухъ гьабизецин виччачӏо. Хӏалтӏизе витӏана Буйнакскалде, санинструкторлъун. Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьидал, ана дунги рагъулаб хъулухъалде.\nГьесул умумулги рукӏана рагъулаб хъулухъалда рукӏарал гӏадамал: кӏудияв инсуца, Дагъистаналъул рекӏаразул полкалъул вакил хӏисабалда, цӏунулев вукӏана Кавказалде вачӏун вукӏарав Александр Дюма. Цогидав кӏудияв инсуца хъулухъ гьабуна Кавказалъулаб эскадроналда. Инсул вацал рукӏана гӏурусазул армиялъул офицерзабилъун. Гьез гӏахьаллъи гьабуна тӏоцебесеб дунялалъул рагъдаги.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда Гӏабдулажидица гӏахьаллъи гьабуна Каменск-Шахтинск, Ростов, Сталинград, Ворошиловград гӏадал шагьаразда ккарал гӏассиял рагъазулъ. 1947 соналде щвезегӏан хъулухъ гьабуна гӏорхъаби цӏунулезул аскаразда. Гъазалиевасе кьуна рагъулав офицерасул чин, гьесул каранда улкаялъ рана шапакъатал: Кӏудияб Ватӏанияб рагъул кӏиабилеб даражаялъул орден, «Рагъулаб тӏокӏлъиялъе гӏоло», «Кавказ цӏуниялъе гӏоло», «Бергьенлъиялъе гӏоло» абурал медалал.\n— Гьеб букӏана 1942 сон, ихдалил заман, — ан бицана ветеранас. — Нижер рагъулал гьалмагъзабаз немцазде гьужумги гьабун, гьезухъа бахъана кванил нигӏматазул цӏураб склад. Гьениб батараб бечелъи нижее чанго моцӏалъе гӏуна. Амма гьеб гьарзалъигун ниж гӏемераб заманалъ хутӏичӏо. Немцаз тӏаде кӏанцӏун, гӏисинал къокъабаздеги рикь-рикьизарун, нилъер рагъухъабазул къуват чучлъизабуна. Рохьахъ, хьуцӏахъ тӏиритӏун арал ниж, лъазего лъачӏого тушманас сверун ккуна ва асир гьаруна. Тӏубараб километралъул манзил букӏана нилъер асиразул, кьерда чӏараб мехалъ. Тӏоцебесеб къоялъго хӏажат тӏубазе цӏоросаролъил хуриве арав дие рес щвана гьенив вахчизе ва асирлъудаса лъутизе. Дон гӏурул цояб рахъалде вахана. Гьениб батичӏо я немцазул, я нилъеразул кинабгӏаги власть. Гӏемерисел гӏадамал рукӏана гьекъон-кванан. Амма кватӏичӏого хӏалакълъун тамахлъарав дун тӏаде ккана советиял аскаразде. Гьебсагӏаталъ гьезги жанив лъуна, — ян бицана Гӏабдулажидица.\nГьевго гӏадал, асирлъудаса лъутаразул вукӏана щунусгогӏан чи. Гьездаса гӏуцӏун букӏана хасаб къоккараб мехалъ хӏажатаб бакӏалде битӏизе хӏадураб полк. Тӏоцере рагъухъаби ритӏана Тифлисалде, гьенисаги Азербайжаналъул Ханлар абулеб бакӏалде. Амма щибаб къоялъ сурав босулаго рахӏат толеб букӏинчӏо Гъазалиевасеги гьалмагъзабазеги. Цо талихӏалъ дандчӏварав ракьцоясул кумекалдалъун гьеб гӏазабалдасаги ворчӏана Гӏабдулажид.\nГьелдаса хадув ккун вуго Грозныялде, Кубаналде, Харьковалде, Кривой Рогалде… 1943 соналда вукӏана 37-абилеб дивизиялда гъорлъ. Гьениб бихьараб къоялъулги гӏемер бицуна ветеранас. Ахирги, Болгария цӏунизе унезда цадахъ витӏун вуго.\n1947 соналде щвезегӏан рагъулаб хъулухъалда хутӏарав Гӏабдулажидида гӏагараб Чӏохъ росулъе щвараб мехалда эбел ятана янгъизго. Гьесие бокьичӏо фельдшерасул хӏалтӏуде тӏадвуссине. Гьесул пикру буссун букӏана гьеб заманалда магӏарухъ хӏалтӏулеб букӏараб профессор Геннадий Мовчанил экспедициялде. Гӏабдулажидица байбихьана суратал рахъизе. Ва хадуб гьесул яцгӏал, учительница Кибичева Гӏайшатица гьеб хабар щвезабуна Мовчанихъе. Гьесги, гӏемер кватӏичӏого, архитекторлъун вахъине бокьани Москваялде вачӏаян ругьел битӏун бачӏана.\nМовчанил кумекалдалъун вахъанила жив скульпторлъунгиян бицана ветеранас. Гьес рана В. Ленинил, У. Буйнакскиясул, генерал-майор Б. Музруковасул, хирург А. Вишневскиясул, поэт Эфенди Капиевасул ва гӏемерал цогидазулги памятникал. Гъазалиев ккола СССРалъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв художник. Щибаб соналъ гьес Москваялда кӏодо гьабула кӏудияб Бергьенлъиялъул къо — 9 май. Дандчӏвала ветераналгун, жамгӏиял хӏаракатчагӏигун, гьудул-гьалмагълъигун. Гьелин абуни Гӏабдулажидил цӏакъго гӏемерал руго. Гьев вихьизе бегьула Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялда рукӏунел батӏи-батӏиял дандчӏваяздаги. Гъоркьисайин абуни ветеранас кӏодогьабуна 95 сон тӏубаялъул юбилейги.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "1663-kechi-bizhiyal-e-giilla", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1663-kechi-bizhiyal-e-giilla", "title": "Кечӏ бижиялъе гӏилла", "date": "2018-05-15 00:00:00", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Марк Бернесил ахирисеб асар\nКъункърабазул читӏиралда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ ккуна Расулицаги,\nЯницаги, Маркицаги, Наумицаги\nСеверияб Осетиялъул Дзуарикау росулъа Газдановазул хъизамалда вукӏана анкьго вас. Цояв чӏвана 1941 соналда, фашистаздаса Москва цӏунулаго. Жеги кӏигоял чӏвана 1942 соналда Севастополалъе гӏоло ккарал рагъазулъ. Лъабабилеб нухалдаги чӏегӏераб хабаргун кагъат бачӏараб мехалда, хвана гьезул эбел. Хадусев лъабгояв хвана Новороссийскалда, Киевалда, Белоруссиялда. Ахирисев вас Берлиналъе гӏоло ккараб рагъулъ хванилан бицун бачӏараб кагъатги босун, Газдановасухъе ине инкар гьабун буго росдал почтальоналъ. Гьебмехалда гьезул рокъоре ун руго росдал хараби. Гьезда ватун вуго цохӏо йигей васасул ясги кодой ккун, рукъалъул кӏалтӏа гӏодов чӏарав Газдановазул эмен. Жидехъе рачӏунел хералги рихьун, гьез лъикӏаб гуреб хабар бачӏараблъиги лъан, эменги гьеб бакӏалдаго хун вуго, ракӏги кьвагьун…\n1963 соналда Дзуарикау росулъ эхетана обелиск: пашманлъиялъ къуларай эбелги зодобе боржунеб анкьго хӏинчӏги. Гьеб памятникалъухъе щвана Дагъистаналъул шагӏир Расул Хӏамзатовги. Памятник лъеялъе гӏиллалъун ккараб къиса рагӏидал, гьев цӏакъ пашманлъун, къварилъун вуго. Гьес хъвана жакъа дунялалдаго машгьурлъараб «Къункъраби» абураб кечӏ. Гьеб хъвана магӏарул мацӏалда. Бакъбаккул халкъазул поэзия гӏурус мацӏалде буссинабиялъул рахъалъ махщел камилав устар Наум Гребневас гьабуна гьеб кечӏалъул гӏурус мацӏалде таржама. Рагъдаса вуссарав Наумги Расулги цадахъ цӏалана Москваялъул М. Горькиясул цӏаралда бугеб Литературияб институталда. Гьелдаса нахъе гьезул букӏана лъикӏаб гьудуллъиги. Рагъул кьогӏлъиги къохӏехьейги бихьарав Наумил ракӏалъе кӏудияб асар гьабуна Расулил кечӏалъ:\nДида ккола рагъда камурал васал\nКирго рукъун гьечӏин, къанабакь лъечӏин…\nГӏурус мацӏалда къватӏибе бахъараб «Къункъраби» абураб кечӏ бихьун буго машгьурав кочӏохъан Марк Бернесида. Гьесулги ракӏ лъукъун букӏана рагъул согӏлъиялъ. Гьес хитӏаб гьабула композитор Ян Френкелиде, кечӏалъе рекъонкколеб бакъан хъвайилан абун. Амма композиторасухъа циндаго гуро бажарараб бакъан ургъун.\nДзуарикау росулъ бараб памятникалда зодоре роржунел руго хъазал. Гьеб рагӏуе рекъонкколеб рифмаги магӏарул мацӏалда батуларого, Расул Хӏамзатовас хитӏаб гьабуна Северияб Осетиялъул Культураялъул министерствоялде: гьес гьарана, жиндие ихтияр кьейин хъазазул бакӏалда къункърабиян хъвазе. Кьуна гьесие гьединаб ихтиярги.\nКӏиабизе абуни, гӏурус мацӏалде буссинабураб Расулил кочӏолъ хъван букӏана къункърабазде сверун ругин кколин рагъда чӏварал игитал абун. Марк Бернесил гьариялда рекъон, Расулица гьеб рагӏул бакӏалда хъвана «солдаталилан».\nМарк Бернесица хӏадурараб тексталда гьоркьоб биччан букӏана Расулица хъвараб кочӏол кӏиго мухъги: гьезда бицунеб букӏана, къункърабазул гьаркьазда релълъараб бугин магӏарул мацӏгиян абун. Гьединал хиса-басиязул хӏасилалда лъугьана планетарияб магӏнаялъул кечӏ.\nКомпозитор Ян Френкель гӏахьаллъана Кӏиабилеб дунялалъул рагъда. 1941-1942 соназда гьев цӏалана гӏарадачагӏазул училищеялда ва гьенисан ана рагъде. Захӏматго лъукъунги вукӏана гьев. Бернесил гьари тӏубалаго, гӏемераб заман бана Френкелица. Кочӏол байбихьиялъе бакъанги хъван, гьес жиндихъего ахӏана Марк. Байбихьиялъухъ гӏенеккулаго, Бернес гӏек-гӏекиялда гӏодана. «Маркил бадиса бигьаго магӏу тӏинкӏизабун бажарулароан. Гьев гӏодизавулеб асаралъул хасаб къуват букӏине кколаан», — ин ракӏалдещвезабулаан Френкелица. Гьелдаса хадуб Расулил кочӏое бакъан хъвазе гӏедегӏил гьабуна композиторасги.\nБукӏана гьелъие хасаб гӏиллаги. Марк Бернесил гьуърул унтун рукӏана. Живго хвелалде, цӏияб кечӏ ахӏизе бокьун букӏана гьесие. Гьебги букӏине кколаан кечӏ ахӏиялъул махщеллъиялъе ахирлъейлъун. Хӏалихъего вилълъанхъулаан Марк. 1969 соналъул микьабилеб июлалда васас гьев щвезавуна кечӏ хъвалеб студиялде. Бернесица цоцӏул ахӏарабго, гьабуна кочӏол записьги. Моцӏидасан, ай 16 августалда Марк Бернес хвана.\nХъазазул бакӏалда къункъраби\nЩай Расулица хъазазул бакӏалда хӏалтӏизабураб къункърабазул сипат? Гьелъие буго гьадинаб баян: «Хъахӏал къункъраби» хъвазе дир пикру ккана Япониялда вугеб мехалъ. Атомалъул бомба кьвагьараб доб гӏасияб къоялъ унти ккарай ясалъ госпиталалда байбихьун буго кагътил къункъраби гьаризе. Гьедин гьабуни, жий хваликьа йорчӏилин букӏун буго гьелъул хиял. Азарго къункъра гӏелалдего, яс хун йиго. Хъахӏаб къункъра хъатикь ккурай ясалъул памятникалда цебе бакӏарараб халкъалъул руккалилъ вахъун чӏун вугев дир тохлъукьего берчӏвана чӏагоял къункърабазул тӏелалда. Гьеб къоялъ дун къункърабаз асир гьавуна. Дица пикру гьабулеб букӏана киналго рагъул къурбаназул. Гьедин бижана дилъ гьеб тӏолго дунялалдаго машгьураб гьитӏинабго шигӏру», — ян бицунаан шагӏирас.\nЯпониялдаса тӏадвуссунаго, Расулихъе тел бачӏана хирияй эбел къадаралде щванилан абун. Самолеталда рекӏун вукӏаго гьесул пикрабалъ рукӏана кагътил къункърабаз хвасарлъиялде хьул букӏарай гьитӏинай Садако Сасакиги, жив тӏаде щвелалде накълулъарай эбелги, рагъда чӏварал вацалги, Северияб Осетиялдаса анкьавго вацги… Унеб букӏинчӏо берда цебеса Сасакилгун къолъикӏ гьабулаго, зодосан боржун араб къункъарабазул тӏелги гьезул читӏиралда халлъараб чӏобогояб бакӏги. Гьел пикрабазул хӏасилалда бижана цӏияб кечӏ.\nКъункърабазул тӏелалда гьоркьоб букӏараб бакӏ цебего ккуна Расул Хӏамзатовасги, композитор Ян Френкелицаги, «Къункъраби» кечӏ тӏоцебе ахӏарав Марк Бернесицаги.\nКавсарат Сулейманова\nКъункъраби\nДида ккола рагъда камурал васал\nКирго рукъун гьечӏин, къанабакь лъечӏин,\nДоба борхалъуда хъахӏил зобазда\nХъахӏал къункърабазде сверун ратилин.\nГьел ихаз, хаселаз, халатал саназ\nНилъее салам кьун роржунел руго.\nГьелъин нилъ пашманго, бутӏрулги рорхун,\nРалагьулел зодихъ щибаб нухалда.\nБоржун унеб буго къункърабазул тӏел,\nКъукъа буго чӏварал гьудулзабазул.\nГьезул тӏелалда гъоркь цо бакӏ бихьула —\nДун вачӏине гьаниб къачӏараб гурищ?\nКъо щвела борхатаб хъахӏилаб зодихъ\nХъахӏаб къункъра лъугьун дунги паркъела.\nГьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал\nКиналго нуж, вацал, дица ахӏила.\nРасул Хӏамзатов"}
{"slug": "1666-kavkazalda-akhival-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1666-kavkazalda-akhival-khial", "title": "Кавказалда ахӏвал-хӏал", "date": "2018-05-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Эрмениялъул «рикьи»\nРоссиялъул Федерациялъеги Дагъистаналъеги дарслъун хутӏила\nАхираб лъабго анкьалъ Эрмениялда букӏана хӏалуцараб хӏал. Гьелъ рахӏатхвезабуна Кремлялъулги.\nЛъиданиги лъаларев ва вузалда цӏалунги вахъинчӏев журналист Никол Пашинянихъа бажарана гӏаламго къватӏибе бахъинабун. Пашинян ккола Эрмениялъул парламенталъул «Выход» абураб фракциялъул цевехъанги. Николил нухмалъиялда гъоркь Эриваналъулги республикаялъул цогидал шагьаразулги къватӏазда лъабабго анкьалъ унел рукӏана нухмалъиялде дандечӏарал митингал. Гьез тӏалаб гьабулеб букӏана республикаялъул премьер-министрлъун вищарав Серж Саргсян нахъе айилан. 2008-2018 соназда Серж Саргсян вукӏана Эрмениялъул президентлъун ва апрелалда гьев вищана премьер-министрлъун. Гьесул бакӏалда Никол Пашинян теян тӏалаб гьабулеб букӏана эрменияз.\nКинаб хӏалкӏолъиги балъголъиги хӏалтӏизабун, Н. Пашинянихъа бажарараб кинабго халкъ къватӏибе бахъинабун? Кавказалда кинаб хӏасил ккезе бегьулеб гьединаб лъугьа-бахъиналъул? Кинал дарсал щвезе бегьулел гьелдаса Россиялъеги Дагъистаналъеги? Гьел суалазе жаваб кьезе хӏалбихьила гьаб макъалаялда.\nПолитикиял реформаби\nАхираб кӏиго соналъ Эрмениялда тӏоритӏана Конституциялъул реформаби. Ахирги, президентасул нухмалъиялъул бакӏалда, тахида тана парламенталъулаб нухмалъи. Гьанже республикаялъул нухмалъулевлъун кколаан хӏукуматалъул председатель. Гьевги вищизе ккола парламенталъ – Эрмениялъул Миллияб собраниялъ. Гьелдаса цеве президентлъун 10 соналъ вукӏана С. Саргсян. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏого, Сержил хиял лъуна премьер-министрасул хъулухъалдаги республикаялъе нухмалъи гьабизе.\nСерж ккола Карабахалъул эрменияв. Карабахалъулал руго мугӏрузул халкъ, ай магӏарул халкъалъе хасиятаб гӏамал бугеб къавм, рагъухъаби. Абизе ккола, карабахалъулал-эрмениязда гъорлъ гӏемер руго удиналги – V гӏасруялдаго, ай Кавказалъул Албаниялъул заманалда, насранияб динги босун чӏараб лезги мацӏалъул рикьилъун кколеб некӏсияб къавм. Гӏагараб 20 соналъ Эрмениялъул нухмалъиялда рукӏана карабахалъулал. Гьездаса свакан букӏана тӏолабго республика, тӏоцебесеб иргаялда – культурияблъунги цивилизациялъулаблъунги рикӏкӏунеб Эриван. Карабахалъулал гӏемер руго пачалихъиял идарабаздаги, бакӏалъул олигархазда гьоркьорги; гьез нухмалъи гьабулеб буго низам цӏунулелгун къуваталъул идарабаздаги. Гьединлъидал халкъалъул хьул букӏана премьер-министрасул хъулухъалде гьанжениги батӏияв чи вищиялде.\nХалкъалъул хьулалги хӏисабалде росун, Никол Пашинян марталдаго, ай 17 апрелалда рукӏинесел рищиязде хӏадурлъизе цевеккунго, сапаралъ вахъана. Гьев щвана районаздеги, росабалъеги, шагьараздеги. Дандчӏвана гӏадамалгун, гӏолилалгун. Халкъ гьесда божулеб букӏана, щайгурелъул гьевги ккола «хӏалбихьи гӏемерав къеркьохъан». Кӏицӏулниги туснахъалъув вукӏана (гӏаммаб къагӏидаялъ хӏисаб гьабуни, щугогӏан соналъ) – масала, 2008 соналда халкъ багъа-бачаризабуралъухъ; цебелъураб масъала тӏубазабулев ва халкъалъегун ватӏаналъе ритӏухълъи цӏунарав вукӏиналъ – гьеб Николица тасдикъ гьабуна гӏумруялъул хӏужабаздалъун: 1994 соналда, политикияб хӏаракатчилъи сабаблъун, гьев нахъе витӏана Эриваналъул университеталъул филологияб факультеталъул ункъабилеб курсалдаса.\nПремьер-министр вищулеб данделъи тӏобитӏулеб къоялъ Эрмениялъул парламенталъул минаялда цебе букӏараб митингалда гӏемер чи гӏахьаллъичӏо. Амма парламенталъ С. Саргсян премьерлъун вищараб мехалда, митингазде вахъана нус-нусазар чи. Саргсянида бичӏчӏана бигьаго гьеб масъала тӏубазабун бажарулареблъи, ва гьес Пашинян ахӏана гара-чӏвариялъе. Николица жаваб кьуна, жив вачӏине вугин гӏицӏго Саргсян нахъе иналъул бицунеб бугониян абун. Хадусеб къоялда 10 соналъ президентлъунги кӏиго анкьалъ премьерлъунги вукӏарав Сержица абуна, Пашинян витӏарав вугин ва лъазабуна жив хъулухъалдаса нахъе иналъул хӏакъалъулъ. Хӏалчӏахъад, Саргсян, гьелеха унго-унгояб эрмениязулаб гӏакъиллъи! Халкъалъе гӏоло, жиндирго мурадалги кӏочонтун, нахъе ана гьев, ва гьесул бажари гӏуна жинца биччантараб гъалатӏ битӏизабизеги.\nАмма митингал гьелдалъун лъугӏичӏо. Щайгурелъул парламенталда вугев Республикаялъулаб партиялъул 58 депутатас, ай цӏикӏкӏарасеб къадаралъ, Пашиняние гӏуцӏана гьев хӏакъир гьавулебин абизе рес бугеб экзамен. «Кин духъа, анкьалъ гурони Карабахалъул рагъда гӏахьаллъичӏев ва гьебмехалдаги гӏицӏго хандакъал рухъарав чиясухъа, бажаризе бугеб республикаялъул Бетӏерав командующиясул хъулухъ тӏубан, генералзабазе нухмалъи гьабун? Щиб дуца гьабизе бугеб, Евразиялъул экономикияб союзалда гьоркьоса Эрменияги бахъун?» — гьединал гӏемерал суалал кьуна гьез Николие.\nКьуна гьес гьезие жавабалги. Амма депутатал жавабазда разилъичӏо ва гьев вищичӏо премьерлъун: гьесие гӏечӏо микьго гьаракь. Нухмалъиялда бугеб партиялъул вакилзабаз хутӏизегӏан, хутӏарал киназго гьаркьал кьуна Пашиняние. Гьезда бичӏчӏана: Эрмениялъул майданалги къватӏалги халкъалъ цӏезарураб заманалда жидерго мурадазе гӏоло тӏирунчӏей мекъаб букӏин.\nПарламенталъул данделъиялдаса хадубги Пашинян ана халкъалъухъе. Республикаялъул тахшагьаралъулги цогидал чӏахӏиял шагьаразулги гӏумру лъалхъизабуна гьез: къан рукӏана аэропорталги, шагьранухалги, пачалихъиял идарабиги. Гьезул гӏуцӏадго рахъиналдаса чӏухӏизе бачӏуна!\nМикьабилеб маялда цӏидасанги ахӏана парламенталъул данделъи. Гьелда Пашинян вищана премьерлъун. Республикаялъулаб партиялъе щвана лъикӏаб дарс. Халкъалъул пикруялъухъ гӏенеккана гьев. Пашиняниде данде кандидатура лъечӏо цонигияс. Гьесие гьаракь кьуна 58 депутатас, гьесде данде – 42 депутатас ва цояс гьаракь кьеялдаса инкар гьабуна.\nЭрмениязул ахӏи-хӏуралъул дарсал\n1. Ахираб 2-3 соналъ, Украинаялъулги, Сириялъулги, Крымалъулги масъалабаздеги машгъуллъун, Россиялъул берзукьа рикъун ун руго Евразиялъулаб союзалда ругел къайицадахъал, гьездаго гьоркьоб Эрменияги. Хасго информациялъулаб политикаялъул рахъалъ. Ахирал лъугьа-бахъинал ккезегӏан ва кинабго къватӏиб загьирлъизегӏан, Россиялда лъалебцин букӏинчӏо гьениб бугеб хӏал. Эрмениязе цӏакъ бокьула жидер улкаялъул тарих ва гьеб хиса-сверизабизе хӏалбихьарав чиясде дандеги рахъуна гьел цокӏалго. Хасго тӏасалъугьунаро гьел, тарихалъул баяназулъ гъалатӏ биччалев политикасдаса яги журналистасдаса. Цолъиялъул рахъалъ гьездаса мисал босизе мустахӏикъаб халкъ буго.\n2. Россиялъул таможенниказги, низам цӏунулел ва цогидал идарабазул хӏалтӏухъабазги квалквал гьабулеб букӏана нилъер улкаялда дарам гьабизе рачӏарал эрмениязе. Гьелдаса разигьечӏолъи загьир гьабилъун ккола «Выход» абураб партия гӏуцӏиги. Бегьуларо, гьел нилъедаса кирениги тӏоларо, унаро абураб принципалда рекъон союзниказулгун бухьенал гӏуцӏизе. Уна. Цӏакъ бигьагоха тӏолел. Хасго хиса-басиязда хадуб халкколеб СШАги букӏаго. Бачӏинахъего Пашинянил рахъги ккуна Америкаялъ. Щайгурелъул къватӏазда митингал гӏуцӏун хадуб гӏемерисел улкабазда букӏуна низам хвей ва гьелдаса гӏакъилго пайда босула СШАялъ.\n3. Премьер Пашинянил нухмалъиялда гъоркь цӏияб Эрмениялъ хӏаракат гьабизе буго батӏи-батӏиял рахъазулаб къватӏисеб политика гӏуцӏизе. Гьелъ жидеего нухал ратизе руго РФялдаги, ЕвАЭСалдаги, ОДБКялдаги гьоркьобги кӏичӏардулаан. Гӏемераб жо бараб букӏина СШАялъул рагӏудаги. Гьениб гӏумру гьабулеб буго гӏемерал эрменияз. Руго гьел Конгрессалдаги Пачалихъияб департаменталдаги. Амма гьеб сухъмахъалъ кире рачине ругелали абизе захӏмалъула. Гьединлъидал, СШАялъул рахъ рихьдаеги ккун, дир пикруялда, Россиялъулгун бухьенал камиллъизаризе нухал ратизе хӏаракат гьабизе буго букӏинеселъул тӏалабалда бугеб Эрмениялъ. Мадугьалихъ бугеб Азербайжанги, гучаб къуватги бакӏарун, рецӏел босизе къачӏанго бугелъул. Щиб кканиги, кумек гьаричӏого тӏубаларо Эрмения (гьебги букӏине бегьула балъгояблъун).\n4. Иргадулабги нухалда эрменияз дуналалъего бихьизабуна политикияб культураялъулги демократиялъулги тӏадегӏанаб мисал. Биял гӏодор тӏечӏого, цоцаца рухичӏого, халкъалъул гӏуцӏадлъиялдаса пайдаги босун, гӏакълу-тадбир тӏокӏал церехъаби-къеркьохъабиги рищун, гьез хӏакъикъаталдаги тӏобитӏана «бархаталъулаб революция». Халкъалъ бихьизабуна, хӏажатаб мехалда, цокӏалго мурад тӏубазе рахъунеблъиги, киназего рихун-чӏалгӏараб нухмалъи тӏасарехизе бажарулеблъиги. Нилъееги дарслъун букӏа: бегьуларо ахиргьечӏеб хӏалбихьи гьабизе халкъалъул; бичӏчӏизе ккола, «тӏасагъоркье хъущтӏун унеб поездалдаса» заманалда рещтӏине кколеблъи. гьеб буго Россиялъеги Дагъистаналъеги цӏакъ лъикӏаб дарс. Кӏалдиб лъуни, килищ хӏанчӏуларел «винтиказдаса» гӏуцӏараб пачалихъ букӏунаро демократияблъун. Демократияблъун ккола жиндиргоги дандиясулги адаб гьабулел гӏадамаздаса гӏуцӏараб жамагӏат. Гьединаблъун букӏана нилъер умумузул демократия: жамагӏатазда узденазги жамагӏатазул цолъабазда гьезул вакилзабазги гӏакълуги дандбан, гьарулаан кӏвар бугел хӏукмаби. Гьединаб демократия тӏадбуссинаби ккола жакъа аслияб мурадлъун.\nДенга Халидов,\nДГУялда цебе бугеб Геополитикаялъулги тарихиялгун политикиялги цӏех-рехазул НИИялъул директор, Геополитикиял масъалабазул академиялъул президиумалъул член"}
{"slug": "1689-khiuriyal-kuchiduzul-kvatsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1689-khiuriyal-kuchiduzul-kvatsii", "title": "Хӏуриял кучӏдузул квацӏи", "date": "2018-05-16 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "10 маялда 90 сон тӏубана машгьурай кочӏохъан гьаюралдаса\nАраб гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъи. Магӏарул кочӏол маданияталде, ракӏчӏараб галиги тӏамун, ячӏана Чӏарада районалъул Цӏуриб росулъа Хӏурия Кантулова.\nДир гӏелалъул ва дагьалги цӏикӏкӏарал магӏарулазда лъикӏ лъала Хӏуриял кечӏ. Гьелъул кучӏдузул борхалъиялда жеги-жеги тӏавап гьабулел руго мугӏрул чӏужугӏаданалъул намус-яхӏги тӏадегӏанлъиги.\nСон 90 сон тӏубана халкъалъе йокьулей кочӏохъаналъ. Ва газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазда ракӏалде ккана гьелда юбилей баркизе.\nДун гьелъул рокъое лъугьунаго, дица гьелъие махсара гьабуна:\n— Ахӏея, Хӏурия, цо халкъияб кечӏ, — илан.\nБитӏун бицани, ракӏал-децин ккечӏо гьелъ ахӏилилан. Сабураб гьаркьидалъун гьей кечӏ ахӏизе лъугьиндал, дун дагьайго йихха-хочун лъугьана.\n— Дирго вокьулесе кьурайани дун,\nГӏурда кьегӏер гӏадин, ясандилаан,\n— илан Гьаракӏуниса Гӏайшатил бакъаналда халкъияб кечӏ ахӏулеб букӏана гьелъ.\nГьале доб магӏаруллъиги гьелъул берцинлъиги. Гьеб боржунеб букӏана хъачӏал кьурабазухъеги, кьурабиги рикьизарун лъугьарал къваридал сухъмахъазухъеги, сухъмахъаздасан хьвадарал захӏмалъи-гӏакъуба бихьарал магӏарулазухъеги.\nТӏоцебесеб кечӏ Хӏурияца ахӏана гӏагараб районалъул Кьорош росдал школалда щуабилеб классалда цӏалулеб мехалда. Гьеб букӏана Цӏадаса Хӏамзатил рагӏабазда партия беццун ахӏулеб кечӏ. Цӏалдохъабазда гьоркьор тӏоритӏарал къецазда гьелъ босана тӏоцебесеб бакӏ. Гьеб къоялдаса нахъе боржана мугӏрузда тӏасан Хӏуриял кечӏ.\nХӏурия хӏалтӏана районалъул газеталъул редакциялда – гьелъ хӏарпал рищизе кколаан.\nГьей ккола рагъул соназул яс. Кӏудияб хъизам (лъабго васги лъабго ясги), ватӏан цӏунизе арав эмен. 13-14 сон барай Хӏурия хӏалтӏана колхозалда бригадирлъун, фермаялъул заведующаялъун. Амма киса-кибего гьейгун букӏана кечӏ. Гьеб кочӏое эркенлъи щвечӏого букӏинеги бегьулаан, Хӏуриял гӏумруялъул гьудул Кантулов Мухӏамадица кочӏое роржен кьечӏебани. Киназего гуро дандекколей лъади-кочӏохъан.\nКъойидаса къойиде машгьурлъулеб букӏана магӏарул бакъназда ахӏулеб Хӏуриял кечӏ. 50-абилел соназда гьей ахӏана Махӏачхъалаялде, радиокомитеталда хӏалтӏизе. Къобахъанагӏан цӏубалеб, тӏегьалеб букӏана кочӏохъаналъул пагьму-гьунарги.\nГьей гӏахьаллъана Москваялда тӏобитӏараб фольклоралъулаб фестивалалдаги. Дагъистаналдаса гӏолилалъул кочӏоеги гьаркьиеги хъатчӏвана СССРалъул батӏи-батӏиял шагьаразда.\nЛъабго соналъ радиокомитеталдаги хӏалтӏун, гӏагараб районалде тӏадюссана Хӏурия. Мухӏамадги хӏалтӏизе лъугьана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун, Хӏурия – гьебго отделалъул хӏалтӏухъанлъун. Гьел щвечӏел магӏарул районалги росабиги рукӏун ратиларо доб заманалда.\n1985 сон. Гӏумруялдаса ватӏалъана Мухӏамад Кантулов. Кочӏолгун къо-мехлъикӏ гьабизехъин букӏана Хӏурияца. Амма гьелда ракӏалде рачӏана Мухӏамадица абулел рукӏарал рагӏаби:\n«Хӏурия, кечӏ буго дур рухӏ. Дуца гьеб рухӏалъе чӏаголъи кье. Гьеб чӏаго букӏине буго, дуца кечӏ ахӏулебгӏан заманалъ. Щиб къварилъи-захӏмалъи духъе бачӏаниги, кечӏ рехун тоге». Гьединаб букӏана Мухӏамадил васигат.\nЦохӏо кечӏ ахӏизе гуребги букӏана Хӏуриял махщел – гьелда лъалаан юкъаризеги, хьухьаризеги, ессаризеги, шалал-квербацӏцӏалги рукъулаан, гьезда расеналги угьулаан гьелъ. Гьединал руччабазда магӏарухъ абула чӏужуберцинилан. Гьединай йикӏана ва жакъаги йиго Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Хӏурия Кантулова.\nЖакъасеб магӏарул кочӏол дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ гьикъидал, гьелъ абуна жиндие бокьулила Гӏайшат Насрулаевалъ ва Хадижат Жамалудиновалъ умумузул бакъназда ахӏулел кучӏдузухъ гӏенеккизе.\n— Кочӏолъ батана дида талихӏ ва цӏидасанги гӏумру байбихьизе рес букӏарабани, кочӏодаса инкарги гьабилароан, — илан абуна Хӏурияца.\nГьанжеги дида рагӏулеб бугин ккола магӏарул радиоялъул диктор Патӏимат Рамазановалъул гьаракь. Гьелъ лъазабулеб буго:\n— Ахӏулеб буго Хӏурия Кантуловалъ, — илан. Ва нахъеги чвахулеб буго магӏарул кечӏ. Гьелъ нухарегӏана дунги Хӏуриял минаялъуса.\nБиччанте Хӏурия Кантуловалъул кочӏолаб дунялалда тӏегьарал тӏугьдузул махӏалъ сверухълъиго цӏезе."}
{"slug": "1733-bidul-tiadetsuj-tsiikikiinalde-dande", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1733-bidul-tiadetsuj-tsiikikiinalde-dande", "title": "Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналде данде", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "250 махӏачхъалаялъулас халгьабуна жидерго бидул тӏадецуялъул\n250 махӏачхъалаялъулас халгьабуна\nжидерго бидул тӏадецуялъул\nГьеб халгьаби дандеккезабун букӏана тӏолгодунялалъул бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналде данде къеркьеялъул къоялде. Республикаялъул медицинаялъул профилактикаялъул ва «Сахлъи» центразул, шагьаралъул №3 поликлиникаялъул специалистаз гӏадамазда бичӏчӏизабулеб букӏана бидул тӏадецуй рукӏалиде бачӏинабиялъе гьаризе кколел дарабазул.\n— Зама-заманалдасан халгьабизе лъикӏаб буго бидул тӏадецуялъул. Бетӏер унтулеб гьечӏиланги абун, квер хьвагӏун гьеб тезе бегьуларо. Киназулго гуро бетӏер унтулеб бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиндал. Дагьа-макъаб хӏалалда гурони бетӏер унтулеб гьечӏониги, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏун букӏине бегьула. Гьеб цӏикӏкӏараб бугони, зарал ккола беразе, ургьисалабазе, рекӏее ва гӏадалнахуе. Гьелдалъун ккезе бегьула инсультги, — ян бицана медиказ.\nГьединго медицинаялъул идарабазда тӏобитӏизе буго рагьарал нуцӏбузул къо, гӏуцӏун буго «Сахлъиялъул школа». Гьениб унтаразда малъула жидерго бидул тӏадецуялъул халгьабизе.\nКъокъго\nДГТУялда цебе бугеб гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталда къватӏибе биччан буго массажалъул кумекалдалъун горбогьод сахгьабизе хӏалтӏизабулеб алат.\nМугъ, габур, гъуждул унти — гьеб буго мугъзагьод унтиялъул, ялъуни букӏине кколелдаса цӏикӏкӏараб цӏайи чорхол букӏиналъул гӏаламат. Унти халатбахъунеб бугони, рес буго горбогьод унтизеги. Гьединлъидал лъикӏаб буго массаж гьабизе. Гьелъ сахгьабула ботӏрол ва цогидалги бакӏазул унти.\n* * *\nРеспубликаялъул клиникияб больницаялда унтарасе гьабуна цӏакъ захӏматаб операция. Унтарасул гӏадалнахуда бижун батараб жо нахъе босана. Тохтур-нейрохирург Шамил Садикъовас бицухъе, гьединал операциял цере Москваялда гурони гьарулел рукӏинчӏо. Гьеб ккола Дагъистаналъул хирургаз жидецаго тӏоцебе гьабураб операция.\nБольницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Имангӏалиевас бицана гьединал операциял гьаризе больницаялда киналго шартӏалги махщел тӏадегӏанал тохтурзабиги ругилан."}
{"slug": "1734-tiabigiatal-kurab-bechel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1734-tiabigiatal-kurab-bechel-i", "title": "Тӏабигӏаталъ кьураб бечелъи", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чӏахӏ-хералъул ва рухӏчӏаголъабазул къадаралъул гьарзалъиялъул рахъалъ\nКавказалдаго бищун бечедаб бакӏ ккола Дагъистан\nРоссиялъул къанагӏатабги регионцин гьечӏин абизе бегьула Дагъистан гӏадаб чӏахӏ-хералдалъун ва рухӏчӏаголъабаздалъун бечедаб, тӏабигӏаталъул гьава-бакъ рекъараб бакӏ. Самур гӏоралъул ахада — субтропикалъул рохьал, республикаялъул северияб рахъалда — салул авлахъал, рорхатал мугӏрул, даим гӏаздаца рацарал цӏорол тӏогьал — гьарзаго кьун буго Бетӏергьанас тӏабигӏаталъул суратал. Гьеб бечелъиялдаса битӏун пайда босиялда хадуб хъаравуллъи гьабулеб, гьеб цӏунулеб идара ккола Россиялъул чанахъабазул ва ччугӏихъабазул ассоциациялда гьоркьобе унеб республикаялъул хӏалбихьиялъул чанахъабазулгун ччугӏихъабазул (ООРХ) «Дагестанское» магӏишат. Гьелъул председатель Завурбег Вахӏидовасулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Кида гӏуцӏараб Дагъистаналда чанахъабазул ва ччугӏихъабазул цолъи? Кигӏанасеб къадар ракьул нужер бербалагьиялда бугеб?\n— Чанахъаби Р. Сайпуевасдасан ва З. Танаевасдасан мухӏкан гьабуна гӏуцӏиялъул тарих. Гьездаги гьелъул бицун букӏун буго гӏемерал соназ республикаялъул чанахъабазул гӏуцӏиялъул председательлъун вукӏарав Хъара Хъараевас. 1943 соналъул октябрь моцӏалда, тӏадбан рагъ унеб заманалда, квана-гьекъолеб жоялъул рахъалъ расги лъикӏаб хӏалалда букӏинчӏеб Дагъистаналъул халкъалда кверчӏваялъул мурадалда, чанго чанахъанас хӏукму гьабула, Алмалоялъул хӏоразда аскӏоб маххул нухлул вагонги лъун, чанахъанлъи ва ччугӏихъанлъи гьабизе. Махӏачхъалаялъул маххул нухазул депоялдаса жидецаго данде гӏарацги рехун босараб гьеб вагон, чуязда нахъаги бан, цӏала Алмалоялде. Гьениб ккураб ччугӏа, щвараб чан бикьулаан сверухъ ругел росабазул гӏадамазе, битӏулаан Махӏачхъалаялдеги. Хадуб гьеб вагон лъураб бакӏалда гьабуна чанахъабазул база ва гьениб гьабсагӏаталда буго Алмалоялъул чанахъабазул магӏишат. Гьеб тарих, 1943 соналъул октябрь моцӏ рикӏкӏуна республикаялда чанахъабазул ва ччугӏихъабазул идара гӏуцӏараб мехлъун. Исана октябралда кӏодо гьабизе буго нижер цолъи гӏуцӏаралдаса 75 сон тӏубаялъул юбилей.\n2014 соналде щвезегӏан нижер бербалагьиялда букӏана 1023 га ракьул ва гьениб гӏуцӏун букӏана чанахъабазул 37 магӏишатги. 2014 соналъул 17 июналда гьабураб Дагъистаналъул хӏукуматалъул № 277 хӏукмуялда рекъон, нижеда хадуб щула гьабуна 716,5 га ракьул. Чанахъанлъиялъул цо-цо магӏишаталги цолъизарун, гьениб гӏуцӏана чанахъанлъиялъул ва ччугӏихъанлъиялъул 29 магӏишат.\n— Гӏага-шагарго лъалищ чан батӏияб чӏахӏ-хер, рухӏчӏаголъи Дагъистаналъул ракьалда бугебали?\n— Анцӏ-анцӏ соназ зоологиялъулги биологиялъулги гӏалимзабаз, нижер идараялъул хӏалтӏухъабаз гьарурал цӏех-рехаз мухӏканго чӏезабун буго республикаялъул ракьалда бугеб флораялъул (чӏахӏ-хералъул), фаунаялъул (рухӏчӏаголъабазул) къадар. Гьелъул гьарзалъиялъул рахъалъ Кавказалдаго Дагъистан буго бищун бечедаб бакӏлъун. Нилъер гьаниб бижула 4500 тайпа чӏахӏ-хералъул, 89 батӏияб тайпа рахь кьун тӏанчӏи хьихьулел рухӏчӏаголъабазул, гӏалхул хӏайваназул, кӏикъого батӏияб тайпа борхьазул ва цогидалги хъуршун хьвадулел рухӏчӏаголъабазул, кӏикъоялда анцӏазарго батӏи-батӏияб хӏутӏ-хъумур. Лъаразда, гӏоразда, хӏоразда, ралъдалъ буго 123 тайпа ччугӏбузул, лъабнусго батӏияб тайпа хӏанчӏазул.\n— Чан чанахъан ва ччугӏихъан вугев нужер хӏисабалда?\n— Кодоб билет бугев кӏиазарго чи вуго. Нижер хӏисабалда гьечӏел, цӏогьохъе чан гьабулел, ччугӏа кколел жеги гӏемер руго. Гьединазда абула браконьералин. Гьукъараб заманалда, бегьулареб бакӏалда чан гьабулезда хадуб хъаравуллъи кквезе нижер гӏуцӏиялда вуго ункъого егер. Щибаб соналъ, гьоркьохъеб хӏисабалда, нусгоялдаса цӏикӏкӏун хӏужа тӏатинабула цӏогьохъе тӏабигӏаталъул бечелъи хвезабулезул. Лъикӏал хӏасилал кьола республикаялъул Тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъул инспекторалги гӏахьал гьарун тӏоритӏулел рейдаз. Мисалалъе, гьедин тӏобитӏараб цо рейдалда ккуна браконьеразул кӏиго къокъа. Гьединго тӏатинабуна Бабаюрт районалда къаси-къаси чанаре рахъунел браконьералги. Чан гьабиялъе бихьизабураб заман буго сентябрь моцӏалдаса февралалъул авалалде щвезегӏан, гьелдаса хадуб гьукъараб буго, щай абуни, февралалдаса хадуб чундузул тӏинчӏ бахъиялъул сезон байбихьула.\n— Чан чи вугев нужер штаталда, гьезие гӏарац киса кьолеб?\n— Нижер штаталда вуго нусиялда анцӏго чи. Дагъистаналъул чанахъабазул ва ччугӏихъабазул цолъи ккола коммерциялъул гуреб, жамгӏияб цолъи. Пачалихъалъул бюджеталдаса нижее гӏарац кьоларо. Хӏалтӏухъабазе гӏарац кьола член-хӏакъалдаса бачӏараб ва чан гьабизе лицензия кьун щвараб гӏарцудаса.\n— Чан гьабиялъе лицензия лъица кьолеб, гьеб тӏалаб гьабун батӏиял регионаздаса, къватӏисел пачалихъаздаса чанахъаби рачӏунищ?\n— Лицензия кьола Махӏачхъалаялда Магидовасул къотӏноб №76 минаялъуб бугеб бетӏераб идараялъ, нижер гӏуцӏиялда гъорлъ ругел егераз ва чанахъанлъиялъулъ магӏишатаз. Гьелъухъ щвараб гӏарац уна чанахъанлъиялъул ва ччугӏихъанлъиялъул магӏишатазда биотехникиял хӏалтӏаби гьариялъе, хъаравуллъиялъул шартӏал лъикӏлъизариялъе, цо бутӏа хӏалтӏухъабазе мухьалъе.\nЧан гьабиялъе лицензия тӏалаб гьабун нижехъе рачӏуна Северияб Кавказалъул республикабаздаса гурелги, Россиялъул централиял регионаздаса ва къватӏисел пачалихъаздасаги чанахъаби. Гьезулгун къотӏи-къаялги гьарун гӏуцӏула коммерциялъулал турал. Къотӏи-къаялда бихьизабураб чаниде гурого кьвагьизе ихтияр гьезул букӏунаро. Гьедин рачӏарал чанахъабазда цадахъ кидаго нижер егерги вукӏуна.\n— Кинал чанахъанлъиялъул магӏишатал ругел лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏарал?\n— Абизе бегьула киналго ругин тӏадаб иш намус бацӏцӏадго тӏубалел чагӏийилан. Гьедин букӏиналъин Россиялъул Чанахъанлъиялъулгун ччугӏа кквеялъул союзалъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда ругел гӏуцӏабазда гьоркьоб ахираб анлъго соналда жаниб нижер гӏуцӏи тӏоцебесеб бакӏалда бугеб. Хасгьабун абуни, тӏоцебе цӏар рехсела Тарумовкаялъул чанахъанлъиялъул магӏишат ва гьелъул нухмалъулев Олег Реутовасул. Гьев вуго жиндирго магӏишаталда лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏарав гӏуцӏарухъан гуревги, чанахъанлъиялъул гьабзазул хӏалбихьи бугев экспертги, таксидермистги (цӏоко-къехь къачӏалев ва чундузул чиякӏаби гьарулев чи). Мисалияб чанахъанлъиялъул магӏишат буго Гъизляралъул Ачиколалъул чанахъанлъиялъул магӏишатги. Гьениб буго чанахъанлъиялъул ва ччугӏа кквеялъул кӏиго база. Гьелъие нухмалъи гьабула Владимир Лысовас.\nКазбекалъул чанахъанлъиялъул магӏишаталъул нухмалъулевлъун чанго соналъ хӏалтӏулев вуго Дада Эмеев. Буйнакскалъул чанахъанлъиялъул магӏишаталъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов вуго жиндирго ишалъе ритӏухъав, гӏагараб ракьалде рокьи бугев чи.\n— Кинаб бухьен бугеб нужер республикаялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул министерствоялъулгун?\n— Нижеца хӏалтӏи гьабула дандбан, цадахъ рекъон. Амма кӏиязулго руго жиде-жидеда рухьинарурал тӏалабал ва ракьал. Нижеца хӏалтӏи гьабула нижер балагьиялда гъоркь бугеб 716 гектаралда, министерствоялъ — республикаялъул пачалихъияб фондалъул ракьалда.\nГара чӏвари гьабуна\nПайзула Пайзулаевас."}
{"slug": "1735-zargianaseb-nakhgi-tiagiamab-tsiibilgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1735-zargianaseb-nakhgi-tiagiamab-tsiibilgi", "title": "Заргӏанасеб нахги тӏагӏамаб цӏибилги", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Хӏалтӏулев чи чед камун кидаго хутӏуларо\nГьал къоязда Шамил районалъул Гӏурада росулъе щварал нижер заман гӏечӏо росдалгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рес ккана гьениса ункъо километралъ рикӏкӏад, лъарал мухъда бугеб, Мухӏамад Магӏангаловасул магӏишаталде щвезе. Цӏикӏкӏун кӏудияб гьечӏониги, магӏишат буго хӏажатал шартӏаз хьезабураб, мухӏканго гӏуцӏараб. Гьениб ккана нижер Мухӏамадилгун гьадинаб гара-чӏвариги.\n— Мухӏамад, щиб магӏишатха дур бугеб?\n— Цо гектар ракьалъул гӏатӏилъиялда буго аслияб куцалда генул, гӏечул, куракул гъутӏби чӏараб ах, буго цӏибил. Пастӏаналда рекьула овощал, пер-ражи, охцер-помидор ва цогидабги. Буго 13 найил тӏала. Цер-цакьуялъ толарого рукӏиналъ гӏанкӏуял дица гьанир хьихьуларо, буго 20-25 чӏороло ва 7 хъаз. Гьабсагӏаталда гьаниб буго 7 баси, 2 гӏачӏар ва 2 бече, росулъ (рокъоб) хьихьула 3 бечӏчӏулеб гӏакаги.\n— Дуца ижараялъе босизегӏан кинаб бакӏ гьаб букӏараб?\n— Гьаб буго дир хъизамалъул умумузул букӏараб ракь-кули. Гьезулго рукӏарал гъутӏби пасат гьарулел ратун, 2000-абилел соназда дица байбихьана гьаниб хӏалтӏи гьабизе, ижараялъе босана 2010 соналда. Доб мехалъ гьаб букӏана рехун тараб, цо-цо бокьал-къадал чӏвадназде сверараб, заз-хъархъил цӏураб авал. Дица кинабго цӏигьабуна, къачӏана, чӏезабуна лъел низам, бачана ток.\n— Гӏеч-гени магӏарухъ ругьунаб, лъалеб нигӏмат буго. Кин гьанибе ккараб цӏибил, гьелъие дандекколищ мугӏрузул шартӏал?\n— Гьаниб гӏадин цӏакъаб цӏибил киб букӏунеб? Цӏакъ хехго барщулеб, кутакалда тӏагӏамаб, гьуинаб, нижеца «чол берин» абулеб цӏибил букӏуна гьаниб. Гьаб мухъалда гӏезегӏан руго рехун тарал цӏолбол ахал, гьел хӏалтӏизарулел чагӏиги гӏемер гьечӏо.\n— Боцӏи гьанаейищ хьихьулеб яги рахьищ хӏалтӏизабулеб?\n— Рахьдал нигӏматазул бича-хиси дир гьечӏо, гьел хӏалтӏизарула хъизамалъул тӏалабал тӏураялъе. Чӏагояб боцӏи ялъуни хъураб боцӏул гьан, гьезул цӏикӏкӏараб къадарги букӏунарелъул, бичиялъул щибниги къварилъи букӏунаро. Хаслихъе бусби сверухъ ругел росабалъа гӏадамаз росула хвел нухда тӏамиялъе. Гьан, аслияб куцалда, кьола Хӏебда бугеб райпоялъул тукаде, базаркъоязда дицагоги бичула.\n— Ахикьа нигӏматал, наязул гьоцӏо киреха кьолел?\n— Дир ах буго гӏолохъанаб, пихъ кьезе жеги заман щвечӏеб, щун хадуб кьелаха Гьолокь ва цоги бакӏазда ругел заводазде. Цӏибил буго дирго хъизамалъеги тӏаде вачӏарав гьоболасеги кьезе гӏураб. Ункъабилеб сон буго дица наял хьихьизе байбихьаралдаса, гьездасанги гьабин абизе хайир жеги босичӏо. Гъол чӏоролаби руго, гьезул гьан-ханал даруял ругин абулелъул, рекӏелгъеялъе хьихьулел жал.\n— Боцӏуе кӏалцӏи-хер кин хӏадурулеб?\n— Гьаб буго накалде бахараб гӏазу баниги гьеб гӏодоб чӏолареб, цо-кӏиго къоялдасан кинабго биунеб авал. Гьединлъидал хасалоги бусби дица гъола къватӏире. Аслияб куцалда харил хӏажатаб къадар хӏадурула дица, гьанир аскӏорго руго гьеб хъвалел бакӏал. Лъагӏалие босизе кколеб жо буго къараб харил 100-150 танг. Унсоколо росдада гӏагарлъухъ буго гьеб бичулеб база, гьениве ун босула къваригӏараб кӏалцӏи (хъап 200-300 гъуршиде), гьанисаго босизе ккани, гьеб дие чӏола 400-500 гъуршиде.\n— Росулъа къватӏибехун бакӏги бугелъул, боцӏуе бацӏ-хъумуралъул хӏинкъи букӏунищ?\n— Кигӏан бокьаниги бацӏалги чакъалабиги руго сверухълъиялда. Бачазе гьезул хӏинкъиги букӏуна, амма 2-3 лъагӏел барал, къокъа гьабун цадахъ ругел бусдузда щибниги гьабизе кӏоларо гьезда – боцӏулги букӏуна жидеего гӏураб гӏакълуги цӏодорлъиги. Гъоркьиса щибго тӏаса инчӏо дир, амма букӏана рии 5 хӏайван чӏварабги.\n— Тӏад унел харжалги, бихьулеб захӏматги, тӏадбуссунебги данде босани, хайирго кколищ?\n— Кӏвахӏаллъичӏого хӏалтӏани, зарал киданиги букӏунаро. Бокьоб жанибго, тӏубараб лъагӏелалъ хер-кӏалцӏиги кьун боцӏи хьихьулеб бугони, кӏудияб хайирги ккеларо, амма дир гьедин гьечӏо. Гьаб тӏабигӏаталда, къватӏибе гъун тӏубалеб боцӏиги бугеб заманалда рекъараб хайир щвечӏого букӏунаро. Мисалалъе, 25 азаргоялде 1-2 лъагӏел бараб баси босани, дица гьеб хьихьула 3-4 сон базегӏан ва гьелъ дие кьола 45-50 азарго гъуруш. Хаслихъе дица 3 бетӏер бичани, цо бетӏер уна хайиралде, кӏигоялъухъ нахъеги бусби росула.\n— Бугеб магӏишаталда гӏей гьабун чӏезейищ ракӏалда бугеб яги…?\n— Цо бакӏалда чӏани, чӏунго хутӏула. Боцӏи гӏемер гьабун гьанже данде ккеларо – хадув векерахъдизе кколеб хӏалтӏи дагьаб захӏмалъизехъин буго. Ракӏалда буго ах гӏатӏид гьабизе, гьелда цадахъго бокьун буго форель тайпаялъул ччугӏа гӏезабиялъул хӏалтӏи гьабизе.\n— Гӏемеразул гӏарзал рукӏуна хӏалтӏи гьечӏин абун. Гьаб дуца гьабулеб яги гьаб мисалалъул хӏалтӏи цогидазги гьабизе ресал ругищ?\n— Хӏалтӏуде гъираги рокьиги бугев чиясе кигӏан бокьаниги ресал руго. Балагье гьаб сверухълъиялде – эркенаб ракьги рехун тарал ахалги.\nБосе ракь, хьихье боцӏи, гьаре ахал – лъица гьукъун бугеб? Лъицаниги гьечӏо. Дурго рес гӏоларого батани, босе къарзалъе пачалихъалъул гӏарац, гьабе хӏалтӏи. Хӏалтӏулев чи чед камун киданиги хутӏуларо. Мисалалъе, жеги дандчӏвачӏо дие къварилъи, дир хӏалтӏуе квалквал гьабулев чи ялъуни идара. Лъагӏалие кьола ижараялъухъ 1800 гъуруш, тӏурала налогазул суалал, лъугӏана иш – пачалихъалда цеве вацӏцӏад вуго, гьелъул рахъалдасан дун толарев чиги гьечӏо. Дун хӏалтӏуларого, ракь гӏадада тун букӏарабани, хӏакъаб жо, раккилаанха дидехун суалалги.\n— Жакъа буго 9 май, байрамкъо. Мунин абуни вуго хӏалтӏуда…\n— Байрамал рукӏун лъикӏ, амма ракьалда тӏад, боцӏигун хӏалтӏулев чиясул хӏалтӏул низам букӏуна дагьаб батӏияб. Нижер гьаниб буго цо аби: «Хӏебда бугеб «майищ» бокьилеб, заргӏанасеб нахищ абураб.\n— Дуца кинабха тӏасабищулеб?\n— Хӏебда бугеб «маялъ» чехь гӏорцӏуларо, чехь цӏезегӏан нах бугеб бакӏалдаго лъикӏ.\n— Дур столалда тӏад буго «Хӏакъикъат» газета. Цӏалдезе бокьулищ дуе?\n— Бокьула ва цӏалула, гуребани гьаб гьаниб букӏинароан.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1736-umumuzul-irsal-e-ritiukh-all-un-khutiila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1736-umumuzul-irsal-e-ritiukh-all-un-khutiila", "title": "Умумузул ирсалъе ритӏухъаллъун хутӏила", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Сугъулдерицаги кӏодо гьабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏаралдаса 73 сон тӏубай\n9 маялъул сагӏат ичӏго тӏубараб заман. Жидерго умумузул — рагъул гӏахьалчагӏазул сураталги кодор ккун, росдал майданалде ракӏарана жамагӏаталъул вакилзаби. Гьениса ана рагъдаса руссинчӏезе бараб памятникалда аскӏоре. Бахӏарзалги ракӏалдещвезарун, дугӏа-алхӏамги гьабун, сапар бухьана Накӏкӏазухъе.\nРагъ лъугӏаралдаса 73 сон тӏубаялъул хӏурматалда гьенибги митинг тӏобитӏана ва кӏалъазе рахъараз бицана рагъул кьогӏлъиялъулги захӏмалъиялъулги хӏакъалъулъ, киналго ахӏана рекъел, гьудуллъи, вацлъи щула гьабизе.\nМитингалдаса хадуб жамагӏат данделъана росдал клубалда. Гьениб Сугъралъ росдал бегавул Мухӏамад Хӏажигӏумаровас бицана росулъ гьарулел ругел ишазул хӏакъалъулъ ва цо-цоязе кьуна Хӏурматалъулал грамотабигун Баркалаялъул кагътал.\nГьелдаса хадуб букӏана Накӏкӏазухъ росдал хӏакъалъулъ къватӏибе бачӏине хӏадурго бугеб тӏехьалъул цебелъей. Гьеб тӏехь данде гьабун буго Индира Сагитовалъгун Мухӏамад Абакаровас. Гьелдаса хъадуб данделъиялъул гӏахьалчагӏазда цере рахъана кочӏохъаби: Чӏарада районалдаса Муслимат Мухӏамадова, Салтӏаса Раисат Хӏажимухӏамадова ва Хунзахъ районалъул Буцӏра росулъа Салим Камилов.\nГьаниб баркалаялъул рагӏабазе мустахӏикъал руго кинабго тадбир щвалде щун нухда иналъе квербакъарал культураялъул хӏалтӏухъабиги квен-тӏех гӏуцӏарал киналгоги. Абизе ккола, цӏарал хъвачӏониги, гьеб къоялъ тӏолабго росдацаго унго-унгояб гӏаданлъигун яхӏалъул рахъалъ мисал бихьизабунин. Хӏатта, Россиялъул тахшагьаралда ругезцин бажарарабщинаб гьабуна тадбир гӏуцӏадго иналъе. Гьедин, Москваялда вугев Муса Каримовас росулъе хасав чи витӏун вачӏана рехсараб тадбиралъул видео бахъизе гӏоло. Гьес бахъараб материалги хӏалтӏизабун, росуцоязда ракӏалда буго видеоролик къватӏибе биччазеги.\nЖакъа нилъ разилъизе мустахӏикъаб хӏужа ккола гьединал тадбиразда гӏолилаз жигараб гӏахьаллъи гьабулеб букӏин. Гьелъ бихьизабулеб буго кьалул майданалда нилъее гӏоло рухӏ кьурал умумузе тӏаде гӏолеб гӏел ритӏухъаблъун хутӏулеб букӏин.\nМухӏамад Абакаров,\nРФялъул Журналистазул союзалъул член"}
{"slug": "1738-mas-alabi-tiurayalde-khul-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1738-mas-alabi-tiurayalde-khul-bugo", "title": "Масъалаби тӏураялде хьул буго", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "128 млн гъуруш — газ бачиналъе\nДагъистаналъул районазде газ бачиналъул суал гьоркьоб лъун букӏана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновас тӏобитӏараб данделъиялда. «Газпромалъул» программаялде босун букӏараб 125 объекталда гьоркьоса газ бачун бахъун буго 85-ялде. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, республикаялъул 11 районалда ва кӏиго шагьаралда бугеб 17 объекталде газ бачине буго 128 млн гъурушги харж гьабун.\nГьединго премьер-министрас тӏобитӏараб цогидаб данделъиялда бицана риххун унел ругел минабахъа гӏадамал гочинариялъул хӏакъалъулъ. «Нухлулаб карта» проект гӏумруялде бахъинабиялъул ва дандчӏварал захӏмалъабазул, гьабичӏого хутӏараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана данделъиялда гӏахьаллъарав бакӏал раялъул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас.\nИш тӏаде кколезда тӏадкъана, хехаб заманалда ругел гӏунгутӏабиги тӏатинарун ва тӏагӏинарун, минабазухъе гӏадамал гочиналъе шартӏал чӏезаризе. Махӏачхъалаялда бан лъугӏулеб буго анкьго гьединаб гӏемертӏалаялъулаб мина.\n«Махӏачхъалаялда канализация гӏатӏид гьаби ва цӏигьабун къачӏай» объекталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги бицана хӏукуматалъул данделъиялда. Проект гӏумруялде бахъинабизе байбихьун букӏана 2015 соналдаго. Цинги гьоркьоб къотӏизе тун букӏана гьабулеб хӏалтӏи. Гьанжеги цӏидасан конкурс лъазабун буго, проекталъул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабиялъе. Гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Малик Баглиевас. Федералияб ва республикаялъул бюджетаздаса биччараб гӏарац харж гьабизе буго Махӏачхъала ва Каспийск шагьаразда канализациялъулал системаби рацӏцӏад гьариялъе. 9,7 километралъул манзилалда бан буго тоннелалъул коллектор.\nПроекталда рекъон хӏалтӏаби гьарулелъул, дандчӏвалел цо-цо захӏмалъабазул бицана «Дирекция единого государственного заказчика-застройщика» ГКУялъул директор Мухӏамадгъази Мухӏидиновас.\nДРялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги пресс-хъулухъ"}
{"slug": "1739-rag-ulal-kh-ulukh-chagiaze-bigal-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1739-rag-ulal-kh-ulukh-chagiaze-bigal-abi", "title": "Рагъулал хъулухъчагӏазе бигьалъаби", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Анкьил хӏасилал\nДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильев дандчӏвана Россиялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Ивановгун\nДанделъиялда гӏахьаллъана Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул департаменталъул директор Михаил Сапунов, Югалъулаб рагъул округалъул аскаразул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Хандаев, Каспийскалъул флотилиялъул бетӏерасул заместитель Александр Прохоров, ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов, экономикаялъул министр Гӏусман Хасбулатов, вице-премьерасул ишал тӏуралев Рамазан Жафаров, сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимов.\nДанделъи рагьулаго, Владимир Васильевас ракӏалдещвезабуна Россиялъул президентасулги 1999 соналда рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазулги букӏараб дандчӏвай.\nХадуб Дагъистаналъул бетӏерас ва Тимур Ивановас дандрана рагъулал хъулухъчагӏазул лъимал гьез хъулухъ гьабулеб бакӏалда ругел школазде ва ясли-ахазде росизе ва гьезул руччаби хӏалтӏудалъун хьезаризе ккеялъул суалал.\nГьединго гьоркьоб лъун букӏана Болъихъ бугеб ясли-ахги школаги бакӏалъулаб администрациялъул къайимлъиялде кьезе ккеялъул ва Каспийскалъул флотилиялда рагъулаб хъулухъалда ругезе жанир чӏезе минаби разе ккеялъул масъалабиги.\nКватӏичӏого Каспийскалда байбихьизе буго цӏиял бакӏал разе. Гьездаго гьоркьор разе руго хӏухьбахъиялъул ва рекӏелгъеялъул централги гумул чӏолел ва гидротехникиял бакӏалги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1740-giungutiabaze-mukiurl-i-tserekhun-inal-e-kuchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1740-giungutiabaze-mukiurl-i-tserekhun-inal-e-kuchi", "title": "Гӏунгутӏабазе мукӏурлъи — церехун иналъе кьучӏ", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гъизляр районалда ругел гъунисезул данделъи\n«Тӏаде гӏолеб гӏелалъе патриотикиябгун рухӏияб тарбия кьей». Гьединаб темаялда тӏасан 13 маялда Гъизляр шагьаралда бугеб КЭМЗалъул залалда тӏобитӏана гьеб районалда гӏумру гьабун ругел гъунисез данделъи. Ракӏалде ккун букӏана гӏезегӏан районцоял ругел шагьаргун районалдаса гӏемерал гӏадамалги гӏахьаллъун, ругел масъалабиги дандран, политикаялъулгун рищиязулги бицинчӏого инин тадбирилан. Амма хӏакъикъат дагьаб батӏияб ккана. Сагӏат цо тӏубайдал тӏобитӏизе хӏисабалде босун букӏараб данделъи, кинабалиго гӏиллаялдалъун байбихьана сагӏаталъ кватӏун. Гьеб нилъ ругьунаб низам бугониги, данделъиялде рачӏарал гӏадамазул рикӏкӏен букӏана цӏакъ мукъсанаб, гӏаммаб куцалда 70-гӏанасев чи. Щай гьедин ккараб? Гӏуцӏарухъабазул гъалатӏищ гьеб, гӏадамазул гъира гьечӏолъийищ? Данделъиялде ахӏаразда гьоркьор рукӏана гьалбалги: Гъуниб районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏамадов, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиявмухӏамадов, Гъизляр районалъул бетӏерасул заместитель Владимир Кубенев, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камалов, диниял идарабазул вакилзаби. Данделъиялда гӏахьаллъана гьениб гӏумру гьабулел гъунисезул цевехъан, Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи, 1996 соналда Гъизляралда ккарал пашманал лъугьа-бахъиназулъ бахӏарчилъиги къвакӏиги бихьизабурав Ахӏмад Саламовги. Гьес бицана гьадинабго данделъи 1992 соналда тӏобитӏун букӏиналъулги, гъунисел кидаго цебесеб кьерда рукӏиналъулги. Хадуб гьес рагӏи кьуна тадбир гӏуцӏарав жамгӏияв хӏаракатчи Шамил (Хӏажимурад) Ражабовасе. Гьес, щаялиго, данделъиги бачана гӏурус мацӏалда. Кӏалъазе вахъарав Ахӏмад Мухӏамадовас бицана районалда бугеб социалиябгун экономикияб ахӏвал-хӏалалъул, гъоркьиса хаслихъе жив бетӏерлъун тӏамидал экономикияб рахъалъ районалда беццизесеб хӏал букӏинчӏеблъиялъул ва исана пачалихъалда цебе районалъул налъи гьечӏолъиялъул, налогал ракӏариялъул рахъалъ лъикӏал хӏасилал рихьизарулел рукӏиналъул. Гьедин батани щай ва сундухъха 2015-2016 соназул хӏасилазда рекъон, экономика цебетӏеялъул рахъалъ районалъе цересел бакӏал кьун рукӏарал? Налогал цӏикӏкӏун ракӏаризе, экономика цебетӏезе байбихьун батани, районалъул щиб бутӏа цӏигьабураб? Хадубги А. Мухӏамадовас абуна Гъизляр районалда гъунисезул лъикӏаб хӏалалда хӏалтӏулеб 8 агрофирмаялъул ракьал-хъутаби ругинги. Амма квеш ккараб жо букӏана гьезул цониги вакил данделъиялде вачӏинчӏолъи. Районалъул бетӏерасда гьикъизе жойищ гьезул букӏинчӏеб ялъуни бицунелъухъ гӏинтӏамизе, хӏисаб гьабизе хӏажалъийищ букӏинчӏеб?\nЦере рахъана Гъизляр ва Гъуниб районаздаса диниял церехъабиги. Гьез бицана тӏаде щолеб бугеб рамазан моцӏалъул, диналъул тӏалабал тӏуразе тӏадаб букӏиналъул, лъималазе гьитӏинаб къоялдасаго нахъе тарбия кьезе кколеблъиялъул, экстремизмгун терроризмалъул нухде гӏолохъанаб гӏел ккеялдаса цӏунизе тӏадаб букӏиналъул. Гӏолохъанаб гӏелалдаги гьеб калам рагӏичӏо, гьел данделъиялде рачӏун рукӏинчӏо. Чанго рагӏи абизе цеве вахъарав В. Кубеневас лъикӏаб къимат кьуна гьенир гӏумру гьабун ругел гъунисезе ва гьезул ишазе. Гьелда цадахъго гьес рехсана Гъуниб районалъул цо гӏолохъанчияс гьабураб такъсир (чи чӏвай) ва чангояв Сириялде ин. Данделъиялда кӏалъазе вахъарав Гӏали Камалов ккана магӏарул мацӏалда кӏалъарав цого-цо чи. Гьалбалги балагьун чӏезарун тадбир кватӏизаби гьес рикӏкӏана гӏадамазул адаб-хӏурмат гьабунгутӏилъун. Районалъул хӏакъалъулъ бицунаго, Камаловас абуна гӏемерал къадруял гӏадамал рахъараб Гъуниб район, ахираб заманалда цоясдаса цояв бажари гьечӏев нухмалъулевги вачӏун, кинал рахъал росаниги, гьабсагӏаталда ккун бугеб бакӏалда лъезе цӏарцин лъаларин. Жакъа магӏарухъ, Чӏохъ-Коммуна росулъ тӏобитӏулеб бугеб, чанго соналъ цере Сугъралъ-Чӏохъ нухда чӏварал полициялъул хӏалтӏухъаби ракӏалдещвезариялъе гӏуцӏараб тадбиралъул бицен гьабидал, гьес абуна гьениб тӏобитӏараб хасаб операциялда сверухъ ругин гӏемерал баян гьечӏел рахъал. Гьеб кӏудияб такъсир лъица гьабурабали жеги чӏезабун гьечӏин ва гьелъие цӏех-рехалъул идарабаз мухӏканаб хӏалтӏи гьабулеб гьечӏин. Данделъиялда кӏалъана Мухӏамадтӏамир Синдикъовги Хӏамзалав Хӏамзаловги. Гьез, музыкалияб алатги гьечӏого, цо-цо кечӏги ахӏана.\nХадубккун бокьилаан лъикӏаб мурадгун гьарулел гьединал тадбирал, цоцае хӏажат гьечӏел рецц-бакъал гьаризе, жалго рихьизаризелъун гьаричӏого, жакъа бугеб ахӏвал-хӏалги бихьизабун, гӏунгутӏаби лъугӏизариялъе ругел ресазулги бицун гьабизе хӏаракат бахъани. Гьеб мехалда гӏадамалги рачӏинаан, гьабулелъул магӏнаги букӏинаан.\nГьез бицана гӏуцӏарухъабаз музыкалияб алатги бачун кечӏ ахӏизе гьукъун бугин.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1741-barka-shagru-ramazan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1741-barka-shagru-ramazan", "title": "Барка Шагьру Рамазан", "date": "2018-05-21 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Хӏурматиял бусурбаби. «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда тӏаде щвараб хирияб рамазан моцӏ.\nХирияв аварагасул хӏадисалда буго рамазан моцӏалъ алжаналъул нуцӏби рагьун рукӏунин абун. Гьединлъидал щивав чияс хӏаракат бахъизе ккела алжаналде рачунел гӏамалал гьаризе, гӏибадат цӏикӏкӏинабизе. Гьаб хирияб моцӏалъ нилъеда тӏадаб буго цохӏо кӏал кквезе гуребги, гьелдаго цадахъ хӏажат гьечӏебщиналдаса, чияе зарал-зиян гьабиялдаса рикӏкӏад чӏезеги.\nЖакъа нилъеда аскӏор гӏемер руго нилъер кумекалде ккарал. Гьединазе кумек гьабиги буго Бетӏергьанасда цебе нилъеда тӏадаб налъи. Хасго гьаб хирияб моцӏалъ гьединазе садакъа гьабизе Бетӏергьанас нилъее къуватги, сахлъиги, таваккалги кьеги.\nАллагьас квербакъаги лъикӏабщинаб гьабизе, хирияб моцӏалъул хӏурматги гьабун гьелдаса пайда босизе, Бетӏергьанасе гьабулеб гӏибадат цӏикӏкӏинабизе, Къуръан цӏализе ва гӏагарал-божарал рази гьаризе. Амин."}
{"slug": "1798-buznasa-nukh-umumuzul-guch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1798-buznasa-nukh-umumuzul-guch", "title": "Бузнаса нух – умумузул гуч", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Халкъияблъун лъугьараб нухалъе цӏакъ хӏажат буго халкъалъул квербакъи\n1985 соналда Г. Хӏайбулаевасул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб «Гӏумруялъул нух» абураб гӏуцӏиялъ байбихьана Махӏачхъала – Болъихъ нухлул Генуб – Чӏиркъатӏа бутӏа къачӏазе.\nМагӏарул анлъго районалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул рохалие гӏорхъи букӏинчӏо, 2006 соналъул 6 сентябралда гьеб нух къачӏан бахъиндал, 100 километралдасаги цӏикӏкӏун манзилалъ къокълъана нух. Гьединго нилъеда лъала кин умумуз, техникаги гьечӏого, лъундуз, булдуз, гузбуз, гьецӏокъалъ гьеб нух гьабун букӏарабали. Нухлул цо-цо бутӏабазда кьоял ралелъулги гьез хӏалтӏизарулаан, масала, рельсал. Нилъер республикаялда гьединал мисалал гӏемер руго. Машинадул нухдаги «балкон» гьабизе хӏалтӏизарулаан рельсал. Гьединал къачӏарал нухал ратула Чӏараде ва Гъуниб районазде унаго. Дол нухал жеги хунги гьечӏо, гьенир рарал кьоялги щулаго руго. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго араб гӏасруялъул 20-30-абилел соназ умумуз гьабураб Бузнаса нухлулги. Гьеб нухлул кӏудияб гуреб бутӏа хутӏун буго хвечӏого.\nМасала, 1927 соналда Унсоколо районалъул Генуб росулъа Бартиханов Мухӏамадица бараб кьо жеги хьвадизе бегьулеб хӏалалда буго.\nЗахӏматал шартӏазда Сулахъ гӏурул рагӏалдасан гьабураб «Гӏумруялъул нух» букӏана мугӏрузулабги гӏодоблъиялъулабги Дагъистан цолъизабулеб цого-цо бугеб бухьенлъун.\nЧӏахӏияб гӏелалъул гӏадамазул биценазда рекъон, Москваялъул вакилзабигун гьеб нухдасан ана Гӏабдурахӏман Данияловги.\nКӏиго оцги бан, гьоко бачун бажарунгутӏиялъ, цояб оцол бакӏалда гӏадамал рукӏунел рукӏун руго, нухлул цо-цо бакӏаздасан унелъул. Гьеб нух унаан Гӏандигӏурул рагӏалдасан, Сулахъ гӏурул кваранаб рагӏаллъиялдасан, хадуб – Хъарани, Ишкӏарти росабазул рагӏалдасан Темирхан-Шура (Буйнакск) шагьаралде щвезегӏан.\nНух гьабизе бакӏги тӏасабищун букӏун буго свералаби гьечӏеб, бищунго къокъаб, гьава-бакъалъул бокьарал шартӏазде дандекколеб гӏадаб.\nМагӏарулал лъелгоги гьаказдаги хьвадулаан гьеб нухдасан даран-базаралъеги. Амма гӏумруялъулго хӏалбихьилъун лъугьараб нух хадусел саназги жакъаги хутӏун буго кӏвар кьечӏеблъун, жакъа къоялъги цӏигьабун къачӏалеб бугониги.\nХӏамзатил Расулица абун букӏана, нилъеца аралда таманча речӏчӏани, бачӏунелъ гӏарада речӏчӏизе бугилан. Гьелъухъего, бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо щай инженераздаги нухал гьарулел цогидал специалистаздаги, гендерил кьуруги борлъун, нус-нус миллиардалги хвезарун, нух бахъизе ракӏалде ккарабали. Бегьилаангури гьеб нух, гӏатӏидги гьабун, гьанжесел шартӏазде дандекколедухъ къачӏазе. Гӏарацги дагьаб харж гьабизе ккелаан, хехгоги лъугӏилаан нух къачӏан. Нухлул тӏасагъоркье балагьараб свериги букӏинароан, тоннелалдаса Генубе щвезегӏан бугеб гӏадаб.\nХасало санагӏалъи букӏунаро харил цӏурал машинаби хьвадиялъе. Зама-заманалдасан гьенисан нухги къан, Лавашасанги хьвадизе ккола, 100 километралдасаги цӏикӏкӏун нух тӏадеги тун.\n2014 соналда мугӏрузул районазда гӏумру гьабун ругел гӏадамаз бакӏарараб гӏарцул кумекалдалъун байбихьана 30 км халалъиялъул, 12 метр гӏеблъиялъул Бузнаса нух къачӏазе нухал гьариялъул специалист Мухӏамад-Камил Дибировасул нухмалъиялда гъоркь. Цо нух бахъун тезе ракӏалдаги гьечӏо. Нухлулазе базе буго мажгитги. Амма мугӏрузул 17 районалъул гӏадамазул гӏумру лъикӏлъизабизеян планал рахъулеб ругеб республикаялъул хӏукуматалъул цо кепкилгӏаги кумек щвечӏо нух бахъизе гьабулеб хӏалтӏуе.\nЖакъа къоялде гьабураб нухлул халалъи буго 17 км, гӏеблъи — 12 метр. Нухлул халгьабизе рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунеб буго, хасго гьеб нухдасан жидерго районазде унезул.\nНижги щвана гьенире исана. Нижеда гьенир ратана Генуса, Хъахӏабросулъа ва цогидалги бакӏаздаса гӏадамал. Нух бихьизе рачӏарал киналго цӏакъ рази хутӏана гьабулеб бугеб хӏалтӏудаса. Амма нух бахъун лъугӏизабизе гӏолеб гьечӏо гӏарац. Нух гьабиялъул иш щун буго бищунго захӏматабин абизе бегьулеб бакӏалде. 4 км манзилалъул халалъи бугеб нух къачӏалелъул, рорлъизе, гӏанлъизе, кьвагьизе кколел руго кьураби. Кӏудияб хьул буго гӏадамазда нижер рекӏел ахӏиги гьариги рагӏилин. Гьеб мехалда, лъагӏалил ахиралда, чабахги бан, нух гьабун лъугӏизабизе кӏвезе букӏана.\nНухал рахъиялъе кумек гьаби буго цӏакъго кири кӏудияб хӏалтӏи. Кумек гьабизе бокьараз бухьен кквезе бегьула Мухӏамад-Камил Дибировасулгун. Гьеле гьесул телефоналъул номерал: 8-988-778-21-18, 8-918-595-29-76.\nНурмухӏамад Асхӏабов,\nГӏали Хӏабибов"}
{"slug": "1799-bakhu-mesedu-rasuloval-ul-shigiriyab-nukhlul-50-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1799-bakhu-mesedu-rasuloval-ul-shigiriyab-nukhlul-50-son-tiubayalde", "title": "Баху-Меседу Расуловалъул шигӏрияб нухлул 50 сон тӏубаялде", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["barkiyal"], "text": "Магӏарул шагӏиралъе — Шекспирил премия\nГӏагарал мугӏрузда юхьун ятана,\nБихьанщиналда тӏад гьезул шал чӏвана.\nКӏудияб гьаб дунял гьитӏинлъун ккана,\nГьитӏинаб доб росдал дуниял цӏуна.\n(«Макьилъ йоржунаан дун»)\nГьитӏинабго кочӏол гьаб ахирисеб куплеталъ бицунеб буго халкъияй шагӏиралъул шигӏрабазул тӏадегӏанлъиялъулги борхалъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьей даим ритӏухъайлъун хутӏун йиго рекӏел ахӏилъун лъугьарал ва хутӏарал жиндирго шигӏрабазул аслияб темаялъе — гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьуе. Гьеб рокьуца ячана шагӏир жиндирго шигӏрабазул тӏогьазухъе…\n«Россиялъул меседил перо» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб къецалъул хӏасилалда рекъон, Северияб Кавказалъул шагӏирзабазул «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» («Созвездие родственных душ») абураб тӏехь мустахӏикълъана В. Шекспирил литературияб премиялъе. Гьеб тӏехь данде гьабун буго Северияб Кавказалъул ункъо шагӏирасул кучӏдуздаса, гьездаго гъорлъ йиго Баху-Меседу Расуловаги. Тӏехьалда буго Валерий Латыниница гӏурус мацӏалде буссинабураб гьелъул 31 кечӏ, гьездаго гъорлъ, Москваялъул композитор Леонид Шумскияс бакъанги хъван, Россиялъул эстрадаялъул кочӏохъан Галина Улётовалъ ахӏулеб «Гьорол сайгъат» («Ветер») абурабги кечӏ:\n«Гьорол сайгъат»\nГьороца бачӏараб сардил сайигъат –\nМакьу щунгутӏигун къеркьолей йиго.\nБасриял каваби къир-къиризарун,\nКъватӏие гьороца ахӏулей йиго.\nКъватӏий яккичӏони, рокъой биччаян,\nКъараб нуцӏихъги чӏун, гӏодулеб буго.\n«Гӏинкълъун» чӏарай дида ццидахараб гьелъ\nГьалмагълъун хӏалае ахӏун щвана цӏад.\nГьуригун тӏадрекъон, гӏодана гьебги,\nМагӏил гарал руго горда кӏетӏолел,\nТӏохда кьурдул наку буго бачунеб,\nГонгалги чӏаголъун руго гаргалел.\nГьороца бачӏараб сардил сайгъатгун\nГъаримго столалде гӏагарлъана дун.\nБацӏцӏадаб тӏанчиде гъенана хӏарпал,\nХӏенехӏцин хутӏичӏо чӏамучӏаб унтул.\n2015 соналда тӏобитӏараб исламияб темаялда хъварал кучӏдузул къецалда бергьаразулъ бугеб «Тӏупандай тӏелеб» кечӏги буго «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» тӏохьода.\nТӏупанадай тӏелеб\nИлбисалъ гуккарай Хӏава сабаблъун,\nХӏалкӏолес ракьалде витӏана Адам.\nКъайисил къосараб наслу сабаблъун,\nКъадирас тӏупан тӏун, гъанкъана гӏалам.\nГӏелин ккун батила халкъ бижарасда\nХадур рачӏунезе чӏагояб мисал.\nЧӏелин диналдаян хьул лъун батила,\nНухӏил гамида тӏад хвасарлъунщинал.\nХвана дол. Сверана сонал, гӏасраби,\nГӏасилъи цӏилъана цӏиял гӏелазулъ.\nЦӏаял гъуна рагъул, гъурана халкъал,\nГъарачагӏи чиналъ кӏодо гьаруна…\nГӏарасаталъул къо тӏаде щвезегӏан\nТӏадегӏанас гӏалам гьадиндай телеб?\nГьадабщинаб мисал гӏадахъ босичӏин,\nГӏурулъ тӏерхьинелъун тӏупандай тӏелеб?!\nРуго гьенир «Зоб-ракьалъул рокьи» («Любовь земли и неба»), «Рекӏел тахшагьар» («Прописка души»), «Бекьулареб ракь» («Земля под асфальтом»), «Талихӏалъул кӏулал» («Ключи от счастья»), «Хӏедул хӏарпаз басуна» («Древний смысл»), «Кьвагьи» («Взрыв»), «Макка», «Ихӏсан» ва цогидалги кучӏдул.\nБаху-Меседу Расуловалъул тӏоцересел кучӏдул Гӏахьвахъ районалъул «Заман» газеталда рахъизе байбихьаралдаса 50 сон сверула исана. Гьеб 50 соналда жаниб шагӏир, хъвадарухъан ва публицист Расуловалъ къватӏибе биччан буго 43 тӏехь — 16 магӏарул мацӏалда, 5 гӏурус мацӏалда, 6 кӏаралазул мацӏалда, анцӏго батӏияб мацӏалъул тӏасарищарал асаразул тӏехь, лъабго гӏелмияб тӏехь (гьездаго гъорлъ лъабго мацӏалъул словарь), гӏурус ва дунялалъул цогидал мацӏазде буссинабураб анцӏго тӏехь, Баху-Меседул хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ гӏурус, магӏарул хъвадарухъабазги цӏалдолезги хъварабщинаб данде босараб кӏиго тӏехь («Эхо» — гӏурусалъ ва «Шигӏрияб пагьмуялъе пероцоязул къимат» — магӏарул мацӏалда). Рехсараб 43 тӏехьалъул сияхӏалда гьечӏо, шагӏиралда жиндаго лъачӏого, цогидаз къватӏире риччарал гӏаммал тӏахьал: Ригаялда къватӏибе биччараб «Планета поэтов» («Шагӏирзабазул дунял»), Ростовалда къватӏибе биччараб «Рокьул асар» («Любовное настроение»), Москваялда къватӏибе биччараб «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» («Созвездие родственных душ»). Баху-Меседуе гьел тӏахьал гьез жидецаго ритӏун рачӏана.\nШигӏрияб нухлул байбихьуда «Дир гӏагараб росулъ рогьалил заман», — Кӏаратӏа росдал хӏакъалъулъ хъвалей йикӏарай школалъул цӏалдохъаналъ нахъа тана халатаб творчествоялъулаб нух. Гьелъул магӏарул мацӏ бечелъана, ДГУялъул филфакалъул РДОялъул отделениялда цӏалулелъулги, «Багӏараб байрахъ» («Хӏакъикъат») газеталда ва магӏарул радиоялда хӏалтӏулелъулги.\n2004 соналъул июлалда бахъараб «Хӏакъикъаталда» Баху-Меседул цӏиял кучӏдузе цеберагӏиялда М. Патахӏовас гьадин хъван буго:\n— Баху-Меседу Расуловалъул цӏар дида тӏоцебе лъана къоло щуго соналъ цебе. Ракӏалда буго доб мехалъ «Багӏараб байрахъ» газеталда рахъун рукӏарал гьелъул «Накӏкӏ», «Мугӏрул лъар» кучӏдул. Хадуб нижер лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул гӏолохъанал хъвадарухъабазул мажлисалда. Гьенир гьелъ цӏаларал «Дунни анцӏила микьилъ», «Тӏабигӏаталъулгун гаргар», «Мугӏрул лъар» ва цогидалги кучӏдузе магӏарулазул машгьурал хъвадарухъабаз лъикӏаб къимат кьун букӏана.\nХадуб анцӏгогӏан соналъ ниж цадахъ хӏалтӏана магӏарул республикаялъулаб газеталда. Къойидаса къойиде, соналдаса соналде шагӏир, хъвадарухъан, журналист ва таржамачӏужу хӏисабалда рагӏизе, машгьурлъизе лъугьана Расуловалъул цӏар магӏарулазда гьоркьоб. Гьеб ункъабго махщел, щибго цоялъ цоялъе мукъсанлъи ккезе течӏого, цадахъ бачунеб буго Баху-Меседуца. Бокьарав махщелчиясе захӏматаб жо буго жив цо чиясдаса ватӏа вахъулеб, батӏаго жиндир гьаракь рагӏулеб къагӏида батизе. Гьелъие бищунго цебе гьунар хӏажалъулеблъиги лъиениги балъголъи гуро. Гьеле гьеб гьунар букӏиналъ кӏвана Баху-Меседуда жиндир рагӏиги, рагӏул магӏнаги, жиндиего хасиятаб лъалкӏги букӏин адабият бокьулезда бихьизабизе.\nЛъугьинаро дун Б.-М. Расуловалъул асаразе къимат кьезе, гьелъул цӏиял кучӏдузе хъвараб гьаб гьитӏинабго цеберагӏиялда. Рехсон тела Баху-Меседул кучӏдул цӏалидал, Расул Хӏамзатовас хъварал гьал жугьаби:\nБаху Расулова, йихьун дида мун,\nДагьа-макъай гурей, жеги лъаларо.\nЖакъа дун вуссана сапаралдаса,\nСаламгун баркала буго дир дуе.\nГьабсагӏат цӏалана «Гьудуллъиялда»\nЦогидазда гьоркьор дур асаралги.\nЛъица гъоб абураб магӏарул кочӏол\nКуркьбал хӏулун ругин, гьел мекъи руго.\nДие рохел буго. Цӏалана, лъана\nЦӏияй шагӏир гӏуна Дагъистаналда.\n— Баху-Меседу Расуловалъул магӏна бугел кучӏдул кидаго рукӏана. Рукӏана гьел тӏоцере хъвалеб заманалдаго. Рукӏана гьел гьей Литинстуталда цӏалулеб мехалдаги. Дица хӏикмалъи гьабулеб жо буго гьелъул поэзиялъул мацӏ циндаго роцӏунги, цӏикӏкӏунги, цӏакъго берцинлъунги бачӏиналда. Жидерго росдал, кьибил цо бугониги, батӏияблъун ккараб мацӏниги, мацӏалъул сверелниги бугел чагӏазе, болмацӏалда хъвадарулелъул, квекӏен ккечӏого букӏунаро. Баху-Меседул мацӏилан абуни, я малъ кӏутӏичӏого, я галадичӏого чӏалде бачӏун буго. Хасалихълъиялъул кечӏалда «Макьихунеб бакъул кӏухӏалаб гьими» абураб сипат гьабиялъги бицуна кинаб макъамалде Баху-Меседул поэзия бахун бугебали, — йилан хъвана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Мухӏамадица 2001 соналъул июналда «Хӏакъикъат» газеталда бахъараб макъалаялда.\nРоссиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Валерий Ганичевасги тӏадегӏанаб къимат кьуна магӏарул шагӏиралъул гьунаралъе:\n— «Канатоходкаялъул» автор ккола тӏадегӏанаб шигӏрияб махщалил шагӏир. Гьелъул гьунаралъулъ цӏунун буго гӏурусазулгун дагъистаниязул классикаялъул рорхалъабазе ритӏухълъи.\nГьебго данделъиялда гӏурусазул шагӏир В. Г. Бояриновас Б.-М. Расуловалъе кьуна «Канатоходка» тӏехьалъул тӏадегӏанаб шигӏрияб махшалие гӏоло А. С. Грибоедовасул цӏаралда бугеб Тӏолгороссиялъул литературияб премия ва «Россиялъул адабияталъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло» медаль.\n2012 соналда Ригаялда къватӏибе биччараб 40 батӏияб улкаялдаса шагӏирзабазул кучӏдуздаса данде гьабураб, гьедигӏанасел улкабазде жиб щолеб «Шагӏирзабазул дунял» («Планета поэтов») тӏехьалда лъикӏаланго бакӏ кьун буго Баху-Меседул кучӏдузе. Гьеб тӏехьалда руго тӏолабго дунялалъул ургъел-пикру гьабун хъварал жугьаби.\n2015 соналда «Россия – исламалъул дунял» («Россия – исламский мир») абураб халкъазда гьоркьосеб гӏуцӏиялъ лъазабураб исламияб темаялда хъварал кучӏдузул къецалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Б.-М. Расуловалъул кучӏдуз. 2016 соналда Казаналда гьелъие кьуна гьеб къецалда бергьиналъул дипломги «Россия – исламалъул дунял» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб премияги.\n«Россия – исламалъул дунял» къокъа гӏуцӏун букӏана 2006 соналда Евгений Примаковас ва Татарстаналъул президент Минтимер Шаймиевас. Байбихьуда гьелда гъорлъе унел рукӏун ратани цӏикӏкӏарасеб халкъ бусурбаби ругел Россиялъул тӏолалго республикабиги СНГялъул улкабиги, 2010 соналде гьелде гъорлъе рачӏана дунялалъул тӏолалгогӏан исламиял улкаби.\n«Алеф» басмаханаялда кватӏичӏого къватӏибе бачӏине буго гӏурус мацӏалде руссинарурал тӏолалго тӏахьаздаса тӏасарищарал кучӏдулги, гьезул щибалда цадахъ магӏарул мацӏалъул кучӏдулги ругеб бицатаб тӏехь. Хӏадур гьабулеб буго Живодар Душковас болгар мацӏалде руссинарурал кучӏдузул гьитӏинабго тӏехьги.\nРоссиялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, Россиялъул литературияб фондалъул член, Тӏолгороссиялъул ва Халкъазда гьоркьосел литертатуриял премиябазул лауреат, ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Баху-Меседу Расулова мустахӏикълъана «Россиялъул адабияталъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло» медалалъе (2011 с.), имам Шамилил цӏаралда бугеб медалалъе, Азербайжан Республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хӏурматалъулаб дипломалъе (2010 с.), Волоколамскалда тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул шигӏрияб фестивалалда гӏахьаллъарай гьей мустахӏикълъана «Тӏадегӏанаб шигӏрияб махщалие гӏоло» дипломалъе, ДРялъул Пачалихъалъул Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе, Кавказалъул халкъазул халкъазда гьоркьосеб конгрессалъул хӏурматалъул грамотаялъе.\n2014 соналъул 3 марталда ДРялъул бетӏерасул №52 хӏукмуялдалъун Баху- Меседо Расуловалъе кьуна ДРялъул халкъияй шагӏир абураб тӏадегӏанаб цӏар.\nДагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялда буго бахъизе хӏадур гьабураб Баху-Меседул кӏиго тӏехь. Гьел тӏахьаздаса цо-цо цӏиял кучӏдулги рахъила гьанир.\nШамай Хъазанбиева\nРитӏухълъи\nГӏолохъанаб гӏелалъул\nГӏанчӏал кунчӏарал къоял,\nГӏунараб херлъиялъул\nХвалил махӏ чӏварал сардал.\nГӏолиллъи – тӏогьолаб их,\nХерлъи – гӏунараб хасел.\nГӏаздакь кьижарал гӏорал,\nМакьилъ гьимулел хварал.\nХасалил херлъи хисун,\nИх цӏидасан белъула,\nЦӏер биигун, тӏабигӏат\nГӏидра-тӏегьалъ гвангъула.\nГӏаздалаб макьуги тун,\nГӏор гӏедерго чвахула,\nЧвахалаби гарула,\nГонгал-иххал хъудула…\nГӏарасаталъул къоялъ\nХварал тӏаде рахъуна.\nТӏадегӏанасда цере\nТӏолалго ращалъула.\nТӏогьол их даимлъула,\nГӏаламго гӏолиллъула,\nГӏамал бихьун, гӏумруги\nРитӏухълъиги Дос кьола.\nТӏадегӏанасул хӏикмат\nБорхатаб мугӏрул тӏогьиб\nТӏогьилаб кьуру буго.\nТӏадегӏанасде гӏин бан,\nГӏаздалаб тӏогьги буго.\nГӏубил кьурул кьватӏелаз\n«Кьвари», — йилан хъван буго.\nКьватӏелалъа рецӏцӏулел\nРацӏцӏадал иццал руго.\nРоцӏараб зоб борлъулеб\nТӏогьиб цо тӏавус буго.\nТӏадегӏанас ракьалда\nГӏуцӏараб алжан буго.\nГӏицӏал кьурабалъ рещтӏун,\nКьер берцинаб хӏинчӏ буго.\nХӏайранлъулеб берцинлъи\nХӏалкӏолес бижун буго.\nХӏалкъараб шагьаралда\nДоб Алжан рехун тарал.\nУмумузул магӏишат\nРекӏей гӏечӏел, тохлъарал.\nРакӏ мугӏрузухъ гӏодулей\nДунги гьезул кьеразулъ,\nКьалбаз гьаний ккурай дий\nГӏодунго щай мугӏрузухъ.\nДинияб дуниял гӏун йикӏина дун\nДунявиябщинаб тарабин рехун,\nБаху риханщинал рукӏа, нуж, рохун.\nАхират босила, халваталъуй чӏун,\nЧӏаго йигониги, йикӏина дун «хун».\nДинияб дуниял, дур парахалъи!\nХалват хириязул рекӏей эркенлъи!\nХаликъасе сужда, васасе хъулухъ,\nШукру Аллагьасе, къоял кьуралъухъ.\nКъуръан-хӏадисалъул хӏурупазул нур,\nХӏалкӏолесде рокьул тӏораз цӏураб хур.\nХоларез, хачадун, гьабе дуниял,\nДие гӏела дунял гӏицӏго динияб.\nРосдал мацӏ\nЭбел йокьичӏев чи ракьалда вугищ?!\nЭбелгӏан росдал мацӏ бокьула дие.\nЭбелалъул рахьгун, расандабигун\nБахул бидулъ рекӏелъ бессараб рокьи!\nЭмен хиралъичӏев инсан вукӏунищ?!\nЭмен- магӏарул мацӏ дие хирияб.\nМагӏарул мацӏалда цӏалана тӏахьал\nТӏоцере школалда дун – Расуловалъ.\nЭбел йокьунилан, кьогӏлъулищ эмен?!\nЭмен хиралъанин, рихунищ эбел?!\nРосу бокьарасе бокьула кьибил,\nКьолбол тарих цойин магӏарулазул!\nЗагьруяб борохь — жахӏда\nБечелъи-чин кӏудиял чияр квердаса хвана,\nБичас берцинлъи кьураз\nкьогӏаб гӏазаб чӏамуна.\nЧӏегӏераб борохь –\nжахӏда жемана гьунаралда.\nГьундул чӏахӏияз загьру\nтӏуна ритӏухълъиялде.\nЧан гӏасру свераниги,\nсогӏлъи-гӏасилъи свинчӏо,\nГӏасрабазул гъатазукь\nгъапуллъун зулму чӏечӏо.\nЮсуп Гӏалайгьиясда гӏемераб къо бихьана,\nГӏоштӏоца бетӏер къотӏун,\nЧӏохъа Башир къанщана.\nБахӏарчи ханзабазул хиянаталъ вухӏана.\nХӏалхъубаца Хӏамзатбег,\nхӏиллаги ургъун, чӏвана.\nЧӏвай пагьму бугьтанаца,\nбегьуларелъул гьунар.\nГьоцӏиб мацӏазул цӏадухъ\nкье гьезухъе чагъана.\nКьвагьдолеб буго ракь\nКьвагьдеяз мехтараб ракь\nЖибго кьвагьдолеб буго.\nГьелъул ургьиса къватӏиб\nХӏари беролеб буго.\nГьалдолеб гьелъул гӏораз\nГӏаламго бухӏиладай?\nХӏалкӏолев гурхӏичӏони,\nЧӏаго чи хутӏиладай?!\nБичасул цо кьвагьиялъ\nКьин чӏела дунялалда.\nДагьалда гӏей гьабичӏеб\nГӏалам ракьулъ тӏерхьина.\nРекӏел пири\nБакараб кан гуреб, канаб моцӏ гуреб,\nКинаб нуралъ къаси гьаб рукъ гвангъараб.\nГъасда цӏадул гуреб цӏорой хӏинкъулеб\nХӏикматаб хинлъи щиб ханлъи гьабулеб.\nХасел бакьулъгийищ, бекьун, тӏегь гӏолеб,\nТӏогьолаб хурго щиб дир къараб гордукь.\nТӏегьараб тӏогьол махӏ кин тӏибитӏулеб,\nТӏабигӏат кьижараб кьиндалил гӏужалъ.\nКвен кваналалдего, кинан гӏорцӏулел,\nКиналго нигӏматаз рукъ кинан цӏолеб.\nЛъимго гьекъечӏого, къеч кин буссунеб,\nГьекъезе замзамул ицц кин беролеб.\nКъаси бецӏаб сардилъ рукъ гвангъилариш,\nКъуръаналъул аят рагӏун цӏалидал.\nЦӏорой хӏинкъилариш, хӏикматаб Тӏохьол\nТӏадегӏанаб нуралъ ракӏ асирлъидал.\nГӏаздал гъатги тӏогьол байданлъиларищ,\nТӏегьараб иманалъ асар гьабидал.\nГьуинал махӏалги тӏиритӏиларищ,\nГьардарасул асар кодоб босидал.\nКвенго кваначӏого, ракӏ гӏорцӏиларищ,\nРекӏел тӏинда иман тӏегьараб мехалъ.\nТӏолалго нигӏматаз дир рукъ цӏеларищ,\nЦӏалулел сурабаз сорозайидал.\nЛъимго гьекъечӏого, къеч буссинарищ,\nКъуръан цӏалулелъул магӏу чвахидал.\nЦӏорораб замзамул ицц баккиларищ,\nЗикру бачунелъул, черх цӏунцӏрахидал…\nБакараб кан гуро, канаб моцӏ гуро,\nРухӏияб нур буго дир рокъоб гвангъун.\nГъасда цӏадул гуро, цӏорой хӏинкъулеб\nХӏикматаб гьаб хинлъи – Бичасде рокьи.\nСабаб бате, Бетӏергьан\nГьаб гӏалам бижарав гӏазизав Аллагь,\nГӏазаб кьезе тоге гьаб лъимералъе.\nМунагь-хатӏа гьечӏеб лъимер гӏодидал,\nГӏодоре гирула дир магӏил гарал.\nГургинаб гьесул черх бас-басунелъул,\nРекӏеда хӏунсула тӏолалго рукӏкӏби,\nРукӏкӏалаби рана дир ияхӏалда,\nХӏалкӏолев, хӏур чӏана дир сабруялда.\nГьаб гӏалам бижарав гӏазизав Аллагь,\nГӏажизаб лъимадул гӏоди рагӏулищ?\nРукӏкӏби къазарулеб щибаб лахӏзаталъ,\nГьелъ гьарулел гьаркьал Дуде щоларищ?\nАвал-ахир гьечӏев гьардарав Аллагь,\nГьардухъан къойилго дун дуда цее.\nГьаранщинаб кьуна, алхӏамдулиллагь,\nКье гьасие сахлъи, бате цо сабаб.\nДир берзул канлъиги лъимадуе кье,\nБеццлъаниги, сужда ракӏалъ гьабила.\nДунялги бихьана гӏумруги лъана,\nГӏемер хъвадарана, цӏалана. Гӏела.\nДир бохдузул сахлъи босун гьасий кье,\nСужда Дуй гьабила, гӏодой чӏовухъе.\nДиесел сапарал, сухъмахъалги кье,\nСабурго йикӏина дун дирго гъасда.\nГьаб гӏалам бижарав гӏазизав Аллагь,\nГӏузрабигун сабаб цохӏо Дудаса.\nСабру кье, Бетӏергьан, бетӏерги сахлъун,\nНух битӏун раче ниж Китаялдаса."}
{"slug": "1800-rossiyal-e-giagarab-bak-bakkuda-g-urab-gudur-va-ierusalimal-ul-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1800-rossiyal-e-giagarab-bak-bakkuda-g-urab-gudur-va-ierusalimal-ul-k-ismat", "title": "Россиялъе Гӏагараб Бакъбаккуда гъураб гудур ва Иерусалималъул къисмат", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏудияб рагъ ккечӏого рорчӏизе рес бугебищха? Щакаб жо\nги, Иерусалималдаги, Сириялдаги кколел ругел лъугьа-бахъиназ тӏолабго дунялго буго хӏалуцинабун. СШАялъ Иерусалималда посольство рагьулеб 14 маялда, гьеб ишалдаса разилъи гьечӏолъи загьир гьабун, Израгӏилалъул гӏорхъода 100 азаргогӏанасев палестинаялъулас тӏобитӏана жидедаса лъиениги зарал гьечӏеб митинг. Амма израгӏилалъулазе гьеб иш рекӏее гӏечӏо ва гьез иргадулаб нухалдаги бихьизабуна жидерго къуват. Хӏасилалда, 60-гӏан палестинаялъулав чӏвана, 200-ялдаса цӏикӏкӏун чи лъукъана. Израгӏилалъулазул гьеб вахӏшилъи бихьана тӏолабго дунялалдаго, амма Иерусалималде ячӏарай Трампил яс Иванка гурони ккун ятиларо ракӏ-ракӏалъ гьеб ишалдаса разилъи загьир гьабурай гӏаданги. Гьеб заманалда, ай посольство рагьулеб тадбиралда гӏахьаллъизе ячӏун йикӏана гьей бика Иерусалималде.\nИсана 14 маялда 70 сон тӏубана Израгӏил абураб пачалихъалъе кьучӏ лъуралдаса. Гьеб байрам, палестинаялъулазул биги гӏодобе тӏун, кӏодо гьабуна жугьутӏазги. Амма Палестинаялъул календаралда гьеб къо бихьизабун буго НАКБА (балагь, талихӏкъин) абураб цӏаралда гъоркь. Щайгурелъул 70 соналъ цебе 700 азаргогӏанасев палестинаялъулав хӏалгьабун гочинавуралъулха жидерго росабалъа ва шагьараздаса Гъазалъул секторалде. Гьабсагӏаталда гьениб гӏумру гьабун вуго 1,5 млн чи ва сектор рикӏкӏине бегьула дунялалда тӏад рагьараб зодикь бугеб бищун кӏудияб туснахълъун.\nЖидеда тӏад гьабулеб бугеб зулму хӏехьезе бокьичӏолъиялъ, щибаб рузман къоялъ къватӏире рахъуна аза-азар палестинаялъулал. Ва щибаб рузман къоялъ Израгӏилалъул къуваталъулал идарабазул хӏалтӏухъабаз чӏвала анцӏ-анцӏ, лъукъула нус-нус чи палестинаялъулазул. Израгӏилалъул армиялда цебелъураб масъала буго цо: палестинаялъуласе гӏорхъи бахине биччангутӏи. Палестинаялъулалги ричӏчӏизе ккола, щайгурелъул гьел махӏрум гьарун ругелъулха гьекъолеб лъедаса, токалдаса (къойида жаниб 2-3 сагӏаталъ букӏуна гьеб), гьечӏо хӏалтӏи, хӏатта ччугӏа кквезецин толаро. Гьез гӏумру гьабулеб буго, садакъаялъе кьураб кванан ва ретӏун.\nДоб къоялъ, ай Иерусалималда СШАялъ посольство рагьидал ккараб балагьаб хӏасилалъул кьучӏалда ООНалъ ва ОИСалъ (Цадахърекъон хӏалтӏиялъул исламияб гӏуцӏи) ахӏана данделъи. ООНалъул Генералияб ассамблеялъул вакилзабазул 128 чияс (гьеб ккола цӏикӏкӏарасеб къадар) СШАялде хитӏаб гьабуна Иерусалималда бан гьабураб хӏукму хӏакъикъияб гуреблъун рикӏкӏейилан. Киназго гӏайиб гӏунтӏизабуна Израгӏилалде, амма Кремлялъ рагӏи абичӏо. Щайгурелъул гъоркьиса апрель моцӏалдаго РФялъул МИДалъ лъазабун букӏаралъулха бакътӏерхьулаб Иерусалим тахшагьарлъун рикӏкӏине Израгӏилалъул ихтияр бугин ва бакъбаккулаб Иерусалим Палестинаялъул ракьлъунги кколин. ООНалда цебе бугеб Инсанасул ихтиярал цӏунулеб советалъ байбихьана Гъазалда гьабураб такъсиралъул цӏех-рех гьабизе, Турциялъул президент Эрдогъаницайин абуни СШАялдасаги Израгӏилалдасаги улкаялъул посолал нахъе ахӏана.\nАхираб кӏиго анкьида жанир ккарал гьел лъугьа-бахъинал тӏей гьечӏого рухьарал руго Сириялда кколе-толелда, гьединго Израгӏилалдаги Россиялдаги ва, Россиялдаги Ираналдаги, Россиялдаги Турциялдаги гьоркьор ругел бухье-назда. Гьеб буго бичизе захӏматаб гарацӏлъун лъугьараб масъала. Амма рачӏаха хӏалбихьилин бажарухъе гьел ричизе ва лъугьа-бахъунелъе къимат кьезе.\nАслиял кьучӏал ва Иерусалималъул суал\nГӏагараб бакъбаккуда ва хасго Иерусалималда сверухъ бугелъе къимат кьезелъун кьочӏокье раккани, бихьула гьениб диналда хурхараб рагъ унеб букӏин. Израгӏил абураб пачалихъ гӏуцӏаралдаса, гьеб рагъ цин хӏалуцуна, цин сасуна. Амма киданиги хутӏуларо регион рахӏаталда. Израгӏил – гьеб цохӏо сионистазул гуребги, «ягьудиязул» проектлъунги ккола. Щайгурелъул гьеб пачалихъалъул кьучӏго бугелъулха диниял принципазда рекъон гьабураб. «Ягьудиязул» абураб рагӏи кавычкабазда жанибе босиялъе бугеб гӏилла ккола ягьудиязда гьоркьорги гӏезегӏан чагӏиги гӏуцӏабиги рукӏин сионизмги Израгӏилги рикӏкӏунарел. Масала, гьединаблъун рикӏкӏуна халкъазда гьоркьосеб «Натурей Карто» (Шагьаралъул хъаравулзаби) абураб гӏуцӏи. Гьез рахъккола Палестинаялъулги Ираналъулги. Амма Израгӏилалдаги, СШАялдаги, СССРалде гьоркьоре унел рукӏарал республикабаздаги рагӏи билълъараллъун руго радикалиял «ягьудиял»-сионистал. Гьезухъ гӏенеккула Нетаньяхул хӏукуматги. Гьез абулеб жо буго кватӏичӏого Маших (тӏолабго дунял хвасар гьабизе Аллагьас витӏун вачӏине вугев чапар) тӏаде гӏунтӏизе вугин ва гьеб заманалде Соломонил (Сулейман авараг) кӏалгӏа (храм) хӏадурун, къачӏан букӏине кколин. Гьеб къачӏазе ккани чара гьечӏого биххизабизе ккола Ал-Акъса мажгит.\nИран, шигӏиязул Хӏезболла (Аллагьасул рагъухъаби), сунниязул Хамас ва вацал бусурбаби гӏуцӏабазгун 30-гӏанасеб улкаялъ (гьездаго гьоркьоб 25 бусурбабазул улкаялъги) Израгӏил пачалихълъун рикӏкӏунаро. Израгӏилалъул тахшагьар Иерусалим кколеблъи ритӏухъ гьабула гӏицӏго СШАялъ, Чехиялъ ва Парагваялъ. Гьеб суалалда бан Россиялъул позициялъул тӏадехун хъван бугелъул, такрар гьабиларо.\n2012 соналдаго Генри Киссинджерица лъазабун букӏана анцӏго соналдасан Израгӏил букӏине гьечӏин. Америкаялъул гьев жугьутӏав ракӏалде кканщинаб жо бицунев чи гуро. Гьев вуго кутакалда гӏакъилав, тӏолабго дунялалъулго политикаялъул балъголъаби лъалев, гьелъул, абухъего, богорокъов гӏурав чи. Гьединго гьев ккола цӏакъго балъгояб ва жидер кутакаб асар бугеб халкъазда гьоркьосеб ункъониги цолъиялъул гӏахьалчиги. Гьев, официалияб къагӏидаялъ кинаб бугониги хъулухъ кодосев чи гурониги, кидаго къабул гьавула Путиница ва цогидалги улкабазул нухмалъулез. Гьезда лъалелъулха дунялалъулго политика рекъезабулев чи Генри вукӏин. 2015 соналда гьев вачӏун вукӏана Москваялде ва дандчӏвана Путингунги. Гьелдаса хадуб, «ракӏалдаго гьечӏого», Кремль лъугьана СШАялдеги бакъ-тӏерхьул улкабаздеги ахӏи базе ИГИЛалде (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) данде рагъ базе кколин, ва Башар Асадил гьариги къабул гьабун, Сириялъе рагъулаб кумек гьабизе байбихьана. Гьелъул хӏасилалда Россиялъ хвасар гьабуна, сунниязул ва ИГИЛалъул (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) тӏадецуялдалъун гьанже гурони гьанже бикь-бикьун инехъин букӏараб Сирия.\nГьебго заманалда буго гьениб цоги масъала: Иран, ай Исламияб революциялъул хъаравулзаби (СИР) ва Хӏезболла. Гьел руго Израгӏилалъул гӏорхъоде щун. ИГИЛалде ва сунниязул цогидалги гӏуцӏабазде данде рагъ гьабизе Дамаскъалъе кумекги гьез гьабулеб букӏана. Гьеб мехалда Израгӏилалъ байбихьана Сириялда ругел Ираналъул рагъулал базабазде бомбаби рехизе. Гьез цебеккунго гьелъул хӏакъалъулъ лъазабулаан Россиялъул рагъухъабаздаги. 2015 соналдаса нахъе Израгӏилалъ 40 нухалданиги бомбаби рехана Сириялде. Ахӏвал-хӏал хӏалуцана ахирал моцӏазда, хасго 9 маялда цоцазде ракетал риччайдал. Рагъулал экспертаз лъазабухъе, гьениб Израгӏилалъ хӏалтӏизабун буго ядернияб заряд. Гьелъул хӏасилалда хвана гӏезегӏан сириялъулалги ираналъулалги.\nСириялъе «сайгъаталъе» — бомбаби, Нетаньяху — Багӏараб майданалда\n9 маялда Москваялде вачӏун вукӏана Израгӏилалъул премьер Биньямин Нетаньяху ва Путинида цадахъ гӏахьаллъана Багӏараб майданалда тӏобитӏараб парадалда. Гьелде щвелелде цо чанго къоялъ цебе Израгӏилалъул кнессеталъ (парламент) къабул гьабураб законалда рекъон, 9 май лъазабуна Израгӏилалъул пачалихъияб байрамлъунги. Гьениб Израгӏилалъ бихьизабуна жидерго иргадулаб сихӏирлъи ва Бергьенлъиялъул къоялъ Нетаньяху Москваялдеги гӏадада вачӏаравлъун вукӏинчӏо. Гьес Путин мукӏур гьавун ватизе бегьула ПВОялдалъун Сириялъе кумек гьабичӏого теялъе ва гьарун батизе рес буго Ираналде тӏадецуй гьабейин. Путинги разилъун ватила, гуребани, гьебго къоялъ Израгӏилалъ Сириялда ругел Ираналъул базабазде бомбаби ралароан. СШАялъги, Британиялъги, Франциялъги Сириялде бомбаби райдал, ахӏи-хӏур бахъинабун букӏана, амма, Израгӏилалъ гьебго гьабидал, тӏадежоялъе, ядернияб зарядцин хӏалтӏизабидал, инсанас кӏал рагьичӏо.\nРоссиялъул РТР телеканалалдасан бихьизабулеб Владимир Соловьевасул ток-шоуялда гӏемер гӏахьаллъулев чи вуго «жамгӏияв хӏаракатчи», Израгӏилалдаса Яков Кедми. Жамгӏияв хӏаракатчийин гурони гьев вихьизавуларо, хӏакъикъаталдаги Израгӏилалъул «Натив» абураб хасаб хъулухъалъул начальниклъун вукӏарав ва отставкаялда вугев генерал гьев вугониги. Цебе гьеб хъулухъалъ СССРалде гьоркьоре унел ва гьединго Бакъбаккул Европаялъул улкабазда гӏумру гьабун рукӏарал жугьутӏал жидерго ватӏаналде рачиналъе кумек гьабулеб букӏана. Цо передачаялдайин абуни Яковица лъазабуна Сириялде тӏаде бомбаби ранин ва разеги ругин. Гьайгьай, Израгӏилалъул хӏинкъигьечӏолъи цӏунун.\nГьанже ракӏалдещвезабилин цо гьадинабги лъугьа-бахъин. Ираналъул ядерияб программаялъул къотӏи-къаялда гьоркьоса нахъе ана США. Гьебгиха ЕСалъги, Россиялъги, хӏатта тӏолабго дунялалъгоцин гьеб ишалда тӏад жал рекъоларин лъазабуниги. Амма бичӏчӏизе ккола Трампил рахъкколеб партиялъул, ай республиканцазул гӏемерисел руго Израгӏил Аллагьасго тӏасабищараб улка бугин рикӏкӏунел чагӏи ва израгӏилалъулаз щиб гьабуниги, гьел ритӏараллъунги чӏезарула. Кин батаниги, Израгӏилалъ, Сагӏуди Гӏарабиялъ ва Персиялъул заливалда ругел гӏарабазул улкабаз, Катаралъгун Йеменалъ хутӏун, СШАялъул рахъккуна. Гьелъие бугеб гӏиллаги ккола Ираналдаса хӏинкъи букӏин. Гьеб къотӏиялда рекъон, Ираналъ уран хӏалтӏизабиялдаса инкар гьабизе ккола. Ираналъ гьеб иш гьоркьоб къотӏизабидал, Европаялъгун Россиялъ байбихьана Ираналъулгун экономикиял гьоркьорлъаби цӏигьаризе. Гьеб даран рекӏее гӏелищха Израгӏилалъегун СШАя-лъе. Гьединлъидал гьеб кӏиябго пачалихъалъ цоги нухалда дунялалдаго бихьизабуна гьудулзабазулцин пикру жидеца къабул гьабулареблъи ва жидеего бокьараб гьабизе бугеблъи. Щайгурелъул тушманлъун лъугьараб Иранги хасго исламияб динги хӏалхьиялда тезе гьезда ракӏалда гьечӏо. Гьелъин абуни лъикӏалде рачине гьечӏеблъиги хӏакъаб буго.\nГӏагараб Бакъбаккуда рагъ?\nДунялалъулаблъунгӏаги лъугьунгегиха!\nТрампида нахъа бугеб къуваталъе хӏажат буго дунялалъулго резервалъулаб валюталъун рикӏкӏунеб доллар гьеб ролалдаса инкар гьабиялде бачунеб кӏудияб рагъ. Гьабсагӏат дунялалда тӏад буго цӏакъго гӏемераб къадар долларазул. Тӏубараб дунял меседил гьабуниги, гьелъулцин багьа бащалъулеб батиларо киса-кирего тӏиритӏун ругел долларазул багьаялда. Гьединлъидал, гьеб налъи тӏаса хъущтӏизабизе ккани, хӏажалъула рагъ, гьебгиха кӏудияб рагъ. Чанго соналъ халатбахъине рес бугеб гьединаб рагъдаса хадуб, дунялалъул гӏуцӏи тӏубанго хисизе рес буго. Гьеб мехалда доллар хӏалтӏизе буго гӏицӏго Америкаялда (югалдагун севералда). Жидерго хасаб валютагун цолъизе бегьула чанго улка. Дармие хӏалтӏизабулеб аслияб гӏарацлъунин абуни букӏина месед. Гьедин букӏаралъулха 1944 соналде щвезегӏанги. Гьеб рагъул хӏасилалда Израгӏил абураб пачалихъалда ккезе буго кӏудияб хиса-баси, ай гьеб букӏине гьечӏо жакъа бугеб ракьалда. Киреха гочине ругел Израгӏилалъул жугьутӏал? Аслияб куцалда, Украинаялде. Доба, ай Днепропетровскалда бан буго дунялалда тӏад бищунго кӏудияб синагога ва, гьениб израгӏилалъулазе рахӏатаб гӏумру букӏинелъун СШАялъ гьенире вагоназ раччизе руго долларал. Гьебго заманалда жугьутӏаз чӏей гьабизе бегьула Крымалдаги Россиялъул югалдаги. Дида ракӏалде ккола, цебе жугьутӏал Израгӏилалде гочинариялъе кумек гьабулев вукӏарав Яков Кедми, гьанже лъидаго рагӏиларедухъ, гьебго хӏалтӏи гьабулев ватилин, ай жугьутӏал тӏадруссинарулев.\nГӏагараб бакъбаккуда щиб ккелебали мухӏканго абизе лъидаго кӏвеларо, амма гьениб цо багъа-бачари лъугьунеб букӏин хӏакъаб буго.\nХадурагӏиялъул бакӏалда\nРоссиялъулазухъа (гьездаго гьоркьоб дагъистаниязухъаги) Гӏагараб Бакъбаккуда лъугьунеб-толелъе къимат кьун бажаруларо, гьениб бугеб ахӏвал-хӏал якъинго лъаларелъулха. Гьелъие гӏиллаги ккола централиял СМИяз гьелъул хӏакъалъулъ бицунарого ва бихьизабуларого букӏин. Амма дора кколел руго кӏудиял хиса-басиял ва рагъ букӏинин ккола гӏиси-бикъинал ядерниял бомбаби хӏалтӏизарураб.\nИраналъги Сириялъги бихьичӏеб ххвел гьа-бун тана Израгӏилалъ ядернияб ярагъ хӏалтӏизабиялъул хӏужа. Хадуб щибха ккезе бугеб? Сириялъе кумек гьабулаго, Россия ккана цӏакъ санагӏат гьечӏеб бакӏалде. СССР Афгъанистаналдего гӏадин, нилъедаго лъачӏого цӏана нилъ Сириялде. Цо рахъалъ бикь-бикьизабизе биччазеги бегьулеб букӏинчӏо гьеб улка.\nКин батаниги, цӏакъ захӏматаб масъалаялъе жаваб балагьизе ккола улкаялъул президент Путиница. СШАялъулги, Израгӏилалъулги, гьединго Ираналъулги тушбаби щал, гьудулзаби щалали лъала. Россияйин абуни хутӏун буго гьоркьоб бакӏалда, киназулгогун гьудуллъиги гьабизе бокьун. Амма кида-къадги цояб рахъ тӏасабищизе ккезе буго. Хӏукуматалъул цо кӏудияб хъулухъалда вугев хӏакимчияс абулеб рагӏана Израгӏил къварид гьабизе биччазе гьечӏин(?!).\nГьаниб хъварабщинаб буго дир пикру. Гьедин букӏине бегьулин рикӏкӏуна дица. Амма хӏакъаб жо буго кӏудияб рагъ ккезе букӏинги Къиямасеб къо чӏолеблъиги. Аварагасул хӏадисаздаги бугелъулха кӏудияб цӏа тӏибитӏизе бугин Шамалъул (Сирия) ракьалдасан. Гьединлъидалин дица абулеб бугеб нилъ сундего хӏадурго рукӏине кколин. Кин букӏине бугебали ва щиб ккелебали Аллагьасда лъикӏ лъала.\nДенга Халидов"}
{"slug": "1802-giolilal-nukh-bitiagi-nuzhee", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1802-giolilal-nukh-bitiagi-nuzhee", "title": "Гӏолилал, нух битӏаги нужее!", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Хириял выпускникал!\nЖакъа буго нужер хасаб къо. Ахираб цӏурмил гьаркьица нуж нухарегӏулел руго рацӏцӏадал анищазухъеги роцӏарал пикрабазухъеги. Нужеца къо-мех лъикӏ гьабулеб буго бищун лъикӏаб, гӏанчӏаб ва кепаб, кӏочене захӏматаб школалъул гӏумруялъулгун. Къо-мех лъикI гьабулеб буго лъаялъул каваби нужее рагьарал, захӏматалде ва къохӏехьеялде нуж ругьун гьарурал, нужер ракӏбацӏцӏадал гӏадамал гӏезаризе хӏаракат бахъарал учительзабазулгун.\nИна сонал, школалъ нужее кьураб гӏемераб пайдаяб ва лъикӏабщиналъе — киналъего кколеб къимат кьела нужеца заманалдасан. Школалъ жанибе бачунеб анцӏила цо сон гӏезе буго нужее гӏумруялъего. Херазги бицуна жидерго цӏалулеб заманалъул, учительзабазул. Нужерги рекӏелъ ратула гьеб анцӏила цо соналъ рикӏарал кӏочонарел лахӏзатал. Амма гӏумру цо бакӏалда чӏун букӏунаро. Кигӏанго берцинаб рокъосаги ине кколеб заман букӏуна. Гьединаб къо ккола жакъа нужерги.\nЖакъа нуж гӏедегӏун руго цӏияб гӏумруялде. Нужер цо-цояз некӏого тӏасабищун буго гӏумрудул нух, цогидал жеги ургъулел руго гьелда тӏад. Хӏалбихье, церехун а, нахъе къаге. Хӏинкъуге нужедаго цере захӏматал ва борхатал масъалаби лъезе. Хӏаракат бахъе ракӏалда ругел мурадазде щвезе, хӏинкъуге цогидал инчӏел нухдасан ине.\nНужее кумекалъе руго киналго – эбел-эмен, школа ва Дагъистан. Республикаялъе хӏажат руго гьунар бугел, таваккалго цере унел гӏолилал, ай нуж. Нух битӏаги нужее!"}
{"slug": "1803-giodorichchan-chieze-zaman-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1803-giodorichchan-chieze-zaman-gechio", "title": "Гӏодориччан чӏезе заман гьечӏо", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "ДРялъул росдал магӏишаталъул министерствоялъ Кочубеялда данделъи тӏобитӏана\nИсанаги гарцӏазул зарал ккезехъин буго Дагъистаналъул росдал магӏишаталъе. Арал соназда дандеккун, исана гьезул къадар цӏикӏкӏине бугилан абулеб буго тӏабигӏаталда хадуб халкколез. Гьединлъидал, нилъер республикаялъул Калмыкиялъулгун ва Ставрополалъулгун гӏорхъабазда гьезул тӏинчӏ баккарабго, Росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялъул хӏалтӏухъабаз жигар бахъулеб буго гьелде данде гьаризе кколел тадбирал тӏуразаризе.\nГьелда бан, 20 маялда росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас хехаб данделъи ахӏана Кочубей поселокалда. Гӏодобкъо букӏиналъухъ балагьичӏого, гьенир гӏахьаллъарал магӏишатазул нухмалъулезул, фермеразул, киналниги специалистазул баяналъухъги гӏинтӏамун, хӏукму ккана щибаб районалда гӏуцӏизе гьеб ишалда хурхун хӏалтӏи гьабулел штабал.\nЦогидал районаздаса цӏикӏкӏараб хӏинкъи буго Нугъай районалъул магӏишатазда. Гьединлъидал гьеб районалъул администрациялъул заместитель Х. Саитовас тӏадчӏей гьабуна жамгӏияб ва хасаб магӏишатазда жакъа къоялде щвезегӏан гьарулел ругел хӏалуцарал хӏалтӏабазда. Гьеб районалъул 40 азаргоялде бахараб гектаралда гарцӏица тӏинчӏ биччан буго, амма 600 гаялда гурони гьелде данде дару гьабун гьечӏо. Кватӏичӏого гьелъ боржине байбихьула ва тӏощел хвезабула.\nГьединго гӏуцӏараб къагӏидаялда хӏалтӏи гьабулеб бугилан баянал кьуна Гӏахъуша, Кули, Рутул районазул вакилзабазги фермеразги.\nДанделъиялда пикру буссинабуна тӏаде бачӏунеб гьеб гарцӏил балагьалде данде гьабулеб хӏалтӏи, Дагъистан Республикаялъул «Ракьул кодексалъул» 19-абилеб статьяялда рекъон, тӏоцебесеб иргаялда ракь хӏалтӏизабулезул, ракьалъул бертӏергьабазул жавабчилъиялде кколеблъиялде. Росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялъ гьеб ишалъе гьабизе ккола гьелда рекъараб нухмалъи.\nГьаниб рехсечӏого гӏоларо гьел гьарулел тадбиразулъ районазул нухмалъулезул жавабчилъиялъул хӏакъалъулъги. Кигӏан кӏвар цӏикӏкӏараб, хӏалуцараб заман бугониги, хъутабазда жидерго магӏишатазде гӏицӏго Гӏахъуша районалъул бетӏер гурони щун ватичӏо. Хъутабазда жакъа лъолеб буго могьолал культурабазул бачӏиналъе, хасалоялде рагӏи-хер гӏураб къадаралда хадур гьабиялъе кьучӏ. Амма гьел суалаздехун районазул бутӏрузул бербалагьи гӏей гьечӏеб букӏин бихьулеб буго.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас хехаб къагӏидаялда загьру речӏчӏулел ГАРД машинабазул къадар цӏикӏкӏинабизе ресал ратана ва хӏажалъани гьеб мурадалда самолетал хӏалтӏизариялъе амру гьабуна. Химиялъул загьру речӏчӏун, къачӏазе кколеб ракьалъул къадар нилъер республикаялда буго 200 азарго гектаралде гӏагарун. Гьеб хӏалтӏуда хадуб чӏезабун буго щулияб хъаравуллъиги. Гьединлъидал гӏодориччан чӏезе заман гьечӏилан лъазабуна министрас.\nЗ. Илясов"}
{"slug": "1804-avtobusal-rosize-ragii-kuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1804-avtobusal-rosize-ragii-kuna", "title": "Автобусал росизе рагӏи кьуна", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Федералияб бюджеталъул «чвантинире» раккизе ккечӏо\nДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана республикаялъул школазе автобусал росиялъул суал.\n— Гьабсагӏаталда школазда хадуб буго 575 автобус. Гьезда гьоркьоса 323 автобус басралъун буго. Гьединлъидал ракӏалда буго гьаб гӏагараб заманалда жаниб школазе 449 автобус босизе, басралъарал цӏияздалъун хисизе, — ян бицана гьелъ.\nТӏоцебесеб нух буго республикаялъ жиндирго гӏарцухъ автобусал росулел ругелдаса. Гьанжелъизегӏан гьел росизе гӏарац биччалаан федералияб бюджеталдаса."}
{"slug": "1805-10-mesedil-medal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1805-10-mesedil-medal", "title": "10 меседил медаль", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "«Чӏохъ» агрофирмаялъе — лъабабилеб бакӏ\nАстраханалда тӏобитӏараб Россиялъул тайпадулал чахъабазул выставкаялде бугеб хӏажалъиги бербалагьиги чанго нухалда цӏикӏкӏараб буго гӏадамазул, батӏи-батӏиял улкабазда тӏоритӏулел ясазул берцинлъиялъул конкурсазде дандеккун. Чахъу ккола тӏабигӏаталъ жиндие хасаб берцинлъи кьураб хӏайван. Рекӏелъе рахӏатги рохелги бачӏуна, выставкаялда гӏахьаллъулел гьезухъ халгьабидал. Дагъистаналъул тайпадулал чахъаби, 1912 соналдаса байбихьун, 19-абилеб нухалда гӏахьаллъулел руго гьединал къецазда. Исанасеб сон нилъер республикаялъе шапакъатазул рахъалъ бечедаб букӏана. Россиялъул чахъаби гӏезарулезул Миллияб Союзалъул эксперталъулаб комиссиялъ кӏваркьуна Дагъистаналъул чахъабазул тайпабазде, ва гьел мустахӏикълъана 21 медалалъе, гьезда гьоркьоса — 10 меседил ва щуго гӏарцул медалазе.\nНилъ рохизе ккараб хӏужа буго Россиялъул тайпадулаб гӏи гӏезабулеб 70 магӏишаталда гьоркьоб «Чӏохъ» агрофирмаялъ лъабабилеб бакӏ кквей. Гьелда гьоркьобе уна квас къунцӏиги, гӏияда хадуб кьагӏазул къадар цӏуниги, чахъабазул гӏаммаб къадар цӏикӏкӏинабиги.\nДагъистаналъул росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул улкаялъул гӏезарулезул союзалъул нухмалъулев Михаил Егоровасулгун букӏараб гара-чӏвариялда кӏваркьуна тайпадулал чахъаби гӏезариялъул иш министерствоялъ цӏигьабулеб букӏиналде ва Дагъистаналъул гӏи гӏезабулел выставкаялде тӏадегӏанаб даражаялда хӏадурлъун рукӏиналде. Республикаялдаса выставкаялда гӏахьаллъана чахъаби гӏезарулеб 11 магӏишат: «Чӏохъ» ва «Сугъралъ» агрофирма, Гъуниб районалъул М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб СХК, Хунзахъ районалъул «Стела» ва «Машгьурал гӏадамал» СПК, Чӏикӏаб росдал «Архар» магӏишат, Рутул районалъул Мишлеш росдал «Восток» СПК, Болъихъ районалъул «Гурхӏел» СПК, Гумбет районалъул «Мелъелтӏа» СПК, Казбек районалъул «Багӏараб Октябрь» СПК ва «Алмахъ» ООО. Дагъистаналъул мугӏрузулаб тайпа ккола мугӏрузда гӏезабулеб гӏиял аслияб тайпалъун. Республикаялда гӏиял буго 5 миллионалдаса цӏикӏкӏун бетӏер. Гӏадада гурелъулха Россиялда гӏезабулеб кинабниги квасул 26 процент гӏицӏго Дагъистаналъул магӏишатазда къунцӏулеб.\nИсана Гӏи гӏезабулезул союзалъ Дагъистаналда тӏобитӏизе буго гӏи гочинабиялъул рахъалъ Тӏолгороссиялъулаб совещание. Гьелдаго цадахъ Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда ракӏалда буго хадусан Россиялъул гьеб гӏияхъанлъиялъул выставка нилъер республикаялда тӏобитӏизе. Гьеб ккола республикаялъул росдал магӏишат цебетӏезабиялъул жавабиял хӏалтӏухъабиги федералиял идарабиги цадахърекъон хӏалтӏиялъул хӏасил.\nГьединго лъикӏаб асар гьабулеб букӏана, волонтерал хӏисабалда, выставкаялда гӏахьаллъарал Астрахань шагьаралъул школазул цӏалдохъабаз ва студентаз. Гьездаго гьоркьор рукӏана гӏияхъанлъи гьабизе ракӏалда бугел гӏолилалги."}
{"slug": "1806-ege-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1806-ege-2018", "title": "ЕГЭ — 2018", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Бербалагьи хисун буго\nЭкзаменал кьолелъул гӏадлу хвезабуразе гьабизе буго кьварараб тамихӏ\n23 маялда Дагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас ва лъайкьеялдаги гӏелмуялдаги хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулесул заместитель Анзор Мусаевас тӏобитӏараб данделъиялда бицана ГИАялде хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.\nРеспубликаялда ЕГЭ кьеялда хадуб халкколеб буго Рособрнадзоралъул, РФялъул УФСБялъул, прокуратураялъул, МВДялъул хӏалтӏухъабаз, Халкъияб Собраниялъул депутатаз. Жакъа нилъеда бихьулеб буго цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги ЕГЭялдехун бугеб бербалагьи хисун букӏин. 2014 соналда, масала, гӏурус мацӏалъул экзамен кьезе кӏвечӏо яги цӏакъго гӏодерегӏанал баллал щвана цӏалдохъабазул 66 проценталъе, гъоркьисалайин абуни, гьединазул къадар дагьлъана 36,6 проценталде щвезегӏан. 2017 соналда экзаменазе нусго балл щвана 16 выпускникасе.\nИсана Дагъистаналдаса лъабго цӏалдохъан вахъана Тӏолгороссиялъул олимпиадабазул призераллъун. 2017 соналда экзаменал кьолаго, гьезул низам хвезабураб 526 хӏужа ккана республикаялда. Гьелдеги цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе ккелин Лъайкьеялъул министерствоялъилан абуна республикаялъул нухмалъулес. Гьединго гьес районазул ва шагьаразул бутӏрузда тӏадкъана экзаменал гӏуцӏадго иналда хадуб халкквезе.\nАнзор Мусаевас бицана, экзаменал тӏоритӏулеб куцалда хадуб халкквезе, жамгӏиял халкколел хӏисабалда, Дагъистаналде улкаялъул цогидал регионаздаса 12 студент вачӏине вукӏиналъул."}
{"slug": "1808-galmag-asul-khiak-al-ul-ragii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1808-galmag-asul-khiak-al-ul-ragii", "title": "Гьалмагъасул хӏакъалъулъ рагӏи", "date": "2018-05-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Наслабаз адабалда рехсола Багъужал цӏар\nГьесул кӏудияб махщел букӏана бачӏараб балагьалъ кӏвекӏулей эбелалдаги яхӏ гьечӏев такъсирчиясдаги сабуралда кӏалъазе\nЦӏияб Лак районалде кӏанцӏун рукӏарал яргъид гӏуцӏарал хъачагъазе суд гьабулаго, Пятигорск шагьаралъул судалъул залалда, 2003 соналъул 17 июналда къадаралде щвана ДРялъул Верховный судалъул судияв Багъужа Гӏонжолов. Доб заманалда гьев лъаларев, гьесул цӏар рагӏичӏев чи Дагъистаналда къанагӏатги вукӏун ватиларо. Бокьун буго, гьев лъикӏав инсанги ракӏалдещвезавун, цоги нухалда гьесул хӏакъалъулъ дагьабго калам гьабизе.\nБагъужалгун дир лъай-хъвай ккана мачӏадисезул рохьоб. Хохолчакмаялги, хӏалтӏул ретӏелги ретӏун, басриябго шляпаги лъун, кодоб гӏаштӏигун Дагъистаналъул Верховный судалъул судияв Гӏонжолов вихьидал, дун гӏажаиблъун хутӏана. Дида бугеб хӏал бичӏчӏараб гӏадин, гьес абуна: «Кутакалин чӏарал хӏакимзаби ва дирго ишцоял отпускалъ курортазде уна. Гьидерил тӏалъиги гӏагараб росдал тӏабигӏатги дие сундасаго хирияб буго. Гьаниб щола дие лазатги рахӏатги», — ян. Мачӏадисез бицунебго рагӏун букӏана отпускалъул заманалда Багъужа росулъе вачӏунин ва щибаб къойил гьев вихьулин рохьов цӏул къотӏулевги гамачӏ данде гьабулевги.\nАнкьго сон бан букӏана Багъужаца эмен рагъде индал. Кӏиго соналдасан гьесул эбелалъухъе бачӏана магӏу бахъараб кагъатги. Дол соназда кинавго чи вукӏана къварилъиялда, амма Багъужада букӏараб хӏалалъул бицунеб цо мисал бачина. Хасалил квачалъул махӏчӏвалеб кватӏараб хаслихълъи букӏана доб. Багъужа, лъилалиго тӏадкъай тӏубазе, цого-цо бугеб горде-тӏажуялъулъ аскӏоб бугеб росулъе унев вукӏана. Магӏалъа абулеб бакӏалда гьесда дандчӏвана кӏудадал имгӏал — Магӏазило. «Гьадин толохӏочго мун эбелалъгӏаги кин виччарав, дир вас», — ан абуна гьес ва, жиндасаго бахъун, гьесда квасквасул куртка ретӏана. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ Багъужаца гӏемер бицунаан ва абулаан: «Гьеб куртка букӏана дие гӏумруялъ щвараб бищунго къиматаб сайгъат, гьелъ жакъаги дир черхги ракӏги хинлъизабула», — ян.\nБагъужал эбел йикӏана гӏакъилай, гьаюдизе лъалей гӏадан. Кьварарал гӏадатазда рекъон тарбия кьун гӏезавуна гьелъ цо вугев вас. Цӏализе витӏана учительлъун, жигар бахъана гьев гӏадамалъе вахъинавизе. Дол соназда росабалъ учительзабиги тохтурзабиги хӏурматиял чагӏилъун рикӏкӏунаан, цоги махщел букӏунеблъиги гӏемерисезда лъалароан. Багъу-\nжаца бергьенлъиялда лъугӏизабуна Буйнакскалъул педучилище ва ракӏбацӏцӏадго кьуна гӏагараб росдал лъималазе гӏумруялъе чара гьечӏел лъикӏлъиялъул, гӏаданлъиялъул ва захӏмат бокьиялъул дарсал. Гьел соназда Багъужа къамартӏго хӏатӏазда эхетана ва хӏукму гьабуна цебегосеб анищ гӏумруялде бахъинабизе, ай судиявлъун цӏализе ине. Саратовалъул юридикияб институтги лъугӏизабун вачӏарав Багъужа тӏамуна Советский районалъул прокуратураялъул следовательлъун. Районалъул тӏалъиялъ мустахӏикъаб къимат кьуна гьесул жигараб хӏалтӏуе ва кватӏичӏого гӏолохъанав юрист тӏамуна районалъул судиявлъун. Хадуб букӏана республикаялъул Верховный суд. Хехго лъукъулеб ва асар гьабулеб гьесул рекӏелъан ана щибаб дело, щибаб къисмат, щибаб магӏил горо. Гӏонжоловасул лъай-махщалие ва ритӏухълъиялъе мукӏурлъилъун рикӏкӏине ккола террорист С. Радуевасе ва гьесул гьалмагълъиялъе гьабулеб судалъе нухмалъи гьаби гьесда тӏадкъай.\nГьеб судалдаса хадуб «Народная газеталда» бахъараб «Приговор Радуеву — предупреждение всем террористам» абураб диргун букӏараб гара-чӏвариялда «Гьединаб судалъе председательлъи гьабизе тӏадкъай, гьайгьай, кӏудияб божилъи ккола. Щай мун тӏасавищарав?» — ан абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьун букӏана: «Нухмалъиялъ гьеб судалъул иш дида тӏадкъана. Гьединабго хӏасилалда гьеб тӏубазабилаан бокьарав дир ишцоясги», — ян.\n— Судалъул заманалда дуе кинабгӏаги хӏинкъи кьеялъул хӏужа кканищ? Мун лъикӏ\nцӏунулев ватила?\n— Дица суд гьабиялъул рахъалъ лъилниги дагӏба букӏинчӏо, чачаназул боевиказул ра-\nхъалдасан хӏинкъикьейги ккечӏо. Дун цӏунула, амма бищунго ракӏчӏараб куцалъ дун Аллагьас цӏунула.\nБагъужал бетӏерлъиялда гъоркь гӏемерал такъсирчагӏазе гьаруна судал. Амма бищунго хӏалуцараблъун рикӏкӏуна Буйнакскалда гӏемертӏалаяб мина кьвагьизабиялъул ва Махӏач-\nхъалаялъул Пархоменкол къотӏноб гьабураб теракталъул гӏадал, дунялалдаго ахӏи бахъи-набурал судазул заседаниял. Гьел рукӏана цӏакъ захӏматал. Багъужаца гьел тӏокӏлъиялда, тӏад рагӏи абизе кӏолареб хӏалалда тӏоритӏана. Я Россиялъул генпрокурорасул, я судалде ккарасул рахъалдасан гьесдехун щибго дагӏбаги букӏинчӏо.\nВас чӏварай эбелалдехунги такъсир гьабуразул гӏагарлъиялдехунги Багъужа адабалда ва хӏурматалда вукӏунаан. Амма судалъул гӏадлу хвезабулев чиясда гьес гурхӏел гьабулароан. Верховный судалъ хӏукму гьабун жанив тӏамурав чанго чи гьес тамихӏалдаса эркенги гьавуна. Гьев витӏаравги вукӏунаан. РФялъул судалъул бищунго тӏадегӏанаб инстанциялъги рахъкколаан гьес къотӏараб хӏукмуялъул.\nХӏукуматалъги мустахӏикъаб къимат кьуна гьесул ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе. Гьесие щварал орденал-медалал рикӏкӏинчӏого, Багъужа Гӏонжоловасе кьуна гьадинал шапакъатал: РФялъул мустахӏикъав юрист (1998 сон), «Лъагӏалил инсан» абураб цӏар (2001 сон), Хӏурматалъул орден (2003 сон), ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Хӏурматалъулаб грамота (1999 сон) ва цогидалги.\nКӏикъого чияс лъикӏав чи вукӏанин нугӏлъи гьабуни, бусурбанчи алжаналде унин абула. Багъужал хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб рагӏиго рагӏичӏо. Цо-цо чагӏаз гьесие гьадинаб къиматги кьолеб буго:\nИмам Яралиев, ДРялъул прокурорлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Багъужа вукӏана Халикъасго судиялъи гьабизе, ай ритӏухълъи цӏунизе тӏасавищарав чи».\nАнвар Мухӏамадов, ДРялъул Верховный судалъул председательлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Гьесда тӏадкъалаан бищунго захӏматал ишал, щайгурелъул Багъужада гӏадин берцинго, ритӏухълъи цӏунун гьел тӏоритӏун цогидазухъа лъугьунароан. Верховный судалда хӏалтӏараб 20 соналда жаниб Багъужае цониги бадибчӏвай щвечӏо. Радуевасе гьес гьабураб судалъул бицунаго, РФялъул Генералияв прокурорас «высший пилотаж» абураб къимат кьуна ва, тӏад цӏарги хъван, гьесие Макаровасул таманча сайгъат гьабуна».\nМухӏамад Гӏабдулхӏалимов, ДРялъул Верховный Судалъул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Лъикӏаб лъай, Аллагьасго кьураб гьунар букӏиналъ ва умумузул гӏадатал цӏуниялъ кумек гьабулаан гьесие судазда битӏарал хӏукмаби къотӏизе. Бачӏараб балагьалъ кӏвекӏулей эбелалдаги, яхӏ гьечӏев такъсирчиясдаги сабуралда кӏалъазе гьесул кӏудияб махщел букӏана».\nСуракъат Асиятилов, Халкъияб Собраниялъул депутат: «Багъужада гъваридго лъалаан жиндирго хӏалтӏи, гьес ракӏбацӏцӏадго хъулухъ гьабуна халкъалъе, ритӏухълъиялъе ва законалъе, ай къиматалда цӏунана судиясул цӏар».\nИбрагьим Хӏажиев, Шамил районалъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник: «Багъужа вукӏана ракӏалда бугеб жо абулев, абураб гьабулев чи. Дунгун цадахъ гьев цӏалана Буйнакскалъул педучилищеялда, хӏалтӏана школалда. Гьев вукӏана художествиял тӏахьал цӏалиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏ ккурав чи. Гьезул баракаталдалъун щвана гьесие лъикӏаб гӏакълу ва гӏумругун гӏадамал ричӏчӏиги».\nРамазан Гӏабдулатӏипов, Дагъистаналъул вукӏарав бетӏер: «Лъаратӏа районалъул прокуратураялъул следовательлъун хӏалтӏулев вукӏана гьев. Багъужал лъикӏлъиги, гӏаданлъиги, ритӏухълъиги бихьун, Хӏебда ва Махӏачхъалаялда гьев хӏалтӏулеб мехалъги, лъаратӏисел къваригӏелалъ гьесухъе унаан. Гьесул букӏинчӏо кӏудияб бечелъи, чӏухӏарал кӏалгӏаби, секциялда гӏумру гьабун букӏана машгьурав судиясул кӏудияб хъизан. Гьелъги гӏемераб жоялъул хӏакъалъулъ бицуна».\nКӏудияб чӏалгӏенгун кӏудияв вас Мухӏамадица бицана жидее эмен вукӏанила нух бихьизабулеб канаб цӏвалъун, жидеца жигар бахъулаанила гьесда релълъине, жидедаса гьев чӏухӏулеб хӏалалда гӏумру гьабизе. Берцин бихьулаанила гьесул хъулухъ, гӏадамазулъ гьесул бугеб къадру, гьесдаса цогидазе щолеб кумек. Гьединлъидал ниж, ай васал хӏалтӏизе анила ихтиярал цӏунулел идарабазде, хӏалтӏулелги ругила ахираталдаса валагьарав эмен жидедаса чӏухӏулеб хӏалалда.\nБагъужал бищун кӏудияв вас Мухӏамад ккола юридикиял гӏелмабазул кандидат, профессор, подполковник, Махӏачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул судияв, нотариаталъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул преподаватель. Ахӏмад хӏалтӏулев вуго таможняялда, Ибрагьим ва Хӏасан — милициялда, Хӏусен — судалъул пристав.\nБагъужал гӏамал-хасияталъулъ букӏана гӏадатги гӏадамалги кӏодо гьабулеб рахъги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Жакъасеб модаялда рекъон гӏемерисез, росабалъа ун, шагьаразда жидерго лъималазе бертаби гьарулеб заманалда, Багъужаца жиндирго анлъавго васасе бертин росулъ гьабуна. Гьесул анищ букӏана, пенсиялде аравго, росулъе вуссинеги. Пайда щиб, Аллагьас жиндихъего вачун ана лъикӏав инсан.\nБагъужаца жиндирго рекӏелъан биччалаан Дагъистаналда ва Россиялда лъугьунебщинаб гӏалагъважа. Гьесда хӏехьезе кӏолароан улкаялъе гьабулеб бугеб инжитлъи, бахӏарчиял умумузул ирсилаз гӏадатал хӏатӏикь мерхьунел рукӏин, гӏемерисел дагъистанияз, гӏарцуда, бечелъиялда хадур лъугьун, яхӏ-намус бичулеб букӏин. Ракӏунтун бицунаан ихтиярал цӏунулел идарабазул хӏалтӏулъ ругел чӏахӏиял гӏунгутӏабазул, гьел хисизаризе жиндирго гӏолареб къуваталъул.\nБатӏи-батӏиял газетазда ва журналазда гӏемер хъвана ва бицана Багъужал хӏакъалъулъ. Росдал школалда лъуна гьесул цӏар. Амма цебего заман щун бугониги, жеги гьечӏо гьесул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь. Гьединаб тӏехь букӏинаан гьев ракӏалдещвеялъе бараб памятниклъун ва гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъе унго-унгояб квербакъилъун.\nБагъужаде хъварал гӏемерал кучӏдузда гьоркьоб шагӏир Залму Мухӏамадовалъул гьаб кечӏ берцин бихьана дида, цӏалдолезеги гьеб бокьилин абураб хьулалъ бахъулеб буго газеталдаги:\nИнсул азбаралда кьибил гӏарцул гъветӏ\nКьолболъа бахъараб, рагӏанищ васал,\nКьолбода нур бараб меседил матӏу\nБекун гӏодоб лъураб, лъанищ Дагъистан.\nЦохӏо васазейищ эмен камурав,\nКинабго Дагъистан чӏегӏербан бугин,\nЦо мачӏадиселищ мунан угьдулел,\nРитӏухълъи хӏажатаз ахӏулин дур цӏар.\nРагӏиги магӏнаяв, гӏакълу камилав,\nМун къваригӏун вуго къобахъанагӏан.\nГӏадлуги битӏарав ритӏухъав инсан,\nМун хӏажалъун вуго хӏукму къотӏизе.\nГӏарцуца бичулеб чамгӏалаб заман,\nЗагьрулъун сверана дуе, Багъужа,\nТӏаса амру бачӏун, къотӏулеб хӏукму,\nДур ритӏухъаб судалъ тасдикъ гьабичӏо.\nЗаконазул тӏахьал рекӏехъе лъалев,\nЛъица мун хисилев Дагъистаналъе.\nАхирисеб рекӏел кӏутӏи чӏезегӏан,\nРоссиялъе хъулухъ гьабуна дуца.\nЧӏухӏигун рехсела мун наслабаца,\nМисаллъун букӏина халкъалъе дур цӏар.\nМеседил лъалкӏ тана дуца ракьалда,\nКьижа хӏасраталда, хӏасратав инсан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1812-chorokal-kverazdasa-bakhuneb-unti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1812-chorokal-kverazdasa-bakhuneb-unti", "title": "Чорокал квераздаса бахунеб унти", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гепатит\nДунялалда тӏад санайил гепатиталъ унтула нус-нус миллион чи\nва тӏул унтиялъул хӏасилалда хола 1,4 млн чи\nЖакъа гепатиталъ республикаялда гӏадамал унтиялъул бугеб хӏалалъул ва гьелдаса цӏунизе кколеб къагӏидаялъул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул рахунел унтабазул централъул отделениялъул заведующая, ДРялъул мустахӏикъай тохтур Мухлисат Гьитӏиновалъулгун.\nУнтул хӏакъикъат\n2017 соналда республикаялда хъвай-хъвагӏай гьабун буго вирусазул гепатиталъ унтарав 4805 чиясул. Гьезда гьоркьоса В гепатиталъ унтун вуго 1991 чи, С гепатиталъ – 2583 чи, В+Д гепатиталъ – 111 чи ва В+С гепатиталъ – 200 чи. 2018 соналъул тӏоцебесеб бащдаб лъагӏалил сияхӏалда вуго вирусазул гепатиталъ унтарав 4850 чи. Гепатиталъул церрозалъ ва рак унтиялдалъун ахирал соназда республикаялда гӏезагӏан чагӏиги хвана.\nКин бахине бегьулеб?\nА тайпаялъул гепатит рикӏкӏуна бищунго бигьаяблъун ва хехго сахгьабизе кӏолеблъун. Гьеб бахуна лъикӏго белъа-бежизе гьабичӏеб кванидаса, хъубаб лъедаса ва чорокал квераздаса. В ва С тайпаялъул гепатит бахуна бидулъан. Гьединго гепатит бахуна эбелалдаса лъимадеги. Вакцина гьабизе байбихьилалде гӏемерисел лъимал гепатиталъ унтулаан.\nЩиб гьабулеб бугеб?\nГепатит бахиналда хӏинкъи бугел бакӏазда ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон гьабула вакцинация. В гепатиталде данде вакцинация гьаби уна рахунел унтабаздаса гӏадамал цӏуниялъул миллияб календаралда гьоркьобе. Гьелда рекъон, гьабураб лъимадуе 24 сагӏтил болжалалда жаниб, щибаб моцӏидаса ва щибаб анлъго моцӏи-моцӏидаса вакцинация гьабизе ккола. Нилъеего цӏодорлъи гьабизелъун, 55 сон базегӏан кинавго чияс вакцинация гьабизе ккола. Гьеб гьабула чӏобого, гӏумру гьабун вугеб бакӏалда бугеб поликлиникаялда.\nГепатиталдаса цӏунулеб къагӏида\nА гепатиталдаса цӏуниялъе чара гьечӏого тӏуразаризе ккола гьал гӏадатиял тадбирал: щивав чияс цӏунизе ккола рацӏцӏалъи, ай кваналелдеги хӏажатханаялдаса хадубги кверал чурила, гьекъела бацӏцӏадаб лъим, кванала лъикӏго релъа-режарал нигӏматал.\nСундуе хӏинкъи букӏунеб?\nА гепатит даимаблъун лъугьунаро. Даимлъиялде сверараб В ва С гепатитазул циррозалъ ва ракалъ тӏул унтиялда хӏинкъи букӏуна. В гепатит даимлъиялде сверарал чагӏазул 20 проценталъул ва С гепатит даимлъиялде сверарал чагӏазул 5-20 проценталъул тӏул циррозалъ унтула. Вирусазул гепатитаз тӏулада рак унтиги ккезабула.\nДаимлъараб вирусалъул гепатит бугел чагӏазда кваранаб сологӏучӏалда гъоркь бугеб бакӏалда лъалеб унти букӏунаро, тӏогьилаб унти тӏатунаро. Цӏакъго «щулалъичӏого» инсанасда гьеб унти лъаларо, гьеб тӏатиялъул гӏаламаталги щивав чиясул батӏи-батӏиял рукӏуна. Гьединлъидал, щивав чиясда заман батизе ккола тохтурасухъе ине ва хал-шал гьабизе.\nВирусологаз жакъа къоялде тӏатинабун буго гепатитазул вирусазул ичӏго тайпа: A, B, C, D, E, F, G, TTV, SEN-V. С гепатиталдаса цӏуниялъе вакцина ургъун гьечӏо, амма гьеб сахгьабизе кӏолин абула.\nГепатиталъул хӏакъалъулъ\nанлъго хӏужа\n1. Гепатиталъул тӏоцересел гӏаламатал гриппалъул гӏадал рукӏуна. Унти байбихьидал черхалъул чӏаголъи хола, квачала, рищалаби унтула. Заманалдаса кваниде гъира гьечӏолъи, тӏом букари, ракӏ багъари, чехь кӏодолъи, гӏакълу-пикру свери ва цӏайиялъул хисиккей гӏадал гӏаламатал раккула.\n2. Цо-цо чагӏазул чорхолъе ккараб С гепатит (15-25 проценталъул) сах гьабичӏониги, анлъго-ичӏго моцӏидасан жибго уна. Экспертаз абулеб буго, гьеб бугин интерлейкин 28B абулеб ген чорхолъ букӏиналъ цо-цо чагӏазул талихӏилан.\n3. Сах гьабичӏого тани, С гепатиталъ инсанасул тӏул хвезабула.\n4. Гепатит сахгьабиялъе цӏиял дараби ургъун руго, амма гьел цӏакъго багьаял руго. Америкаялъул аптеказда буго С гепатит сах гьабулеб софосбувир абулеб дару. Гьелъ вирус чӏвала, иммуннияб системаялъе зарал гьабуларо. Гьелъул цо таблеткаялъул багьа 1000 долларалде бахуна.\n5. Лъимаде йигей гӏадан хвеялда хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏуна Е гепатит.\n6. Сахлъанинги абун, гепатиталъ унтун вукӏарав чи сабуралда чӏезе бегьуларо. Анлъго моцӏида жаниб цо нухалъгӏаги тохтурасухъе ине ккола.\nНури Нуриев\nХалкъияб медицина\nЗанжабил (имбирь)\nХалкъияб медицина\nЗанжабил (имбирь)\nНилъеца гӏемер хӏалтӏизабичӏониги, кванилъе гьарулел нигӏматазул бищун пайдаяблъун рикӏкӏуна занжабил (имбирь). Гьелъул пайда гӏемерисезда лъаларо, нилъеца гьеб гӏемер хӏалтӏизабуларого букӏиналъ. Амма гьелъул пайдаби лъалел рукӏана лъабазаргогӏан соналъ цере. Тӏоцебе гьеб бекьулеб букӏана Индиялъул шималияб рахъалда. Гьанжейин абуни гӏезегӏанго пачалихъазда гӏезабула. Гьелъул хӏакъалъулъ Къуръаналдаги рехсей гьабун буго: «Гьениб гьезие цӏарагӏалдаса гьекъезе кьола, жиндилъе жубараб жоги занжабил бугеб» (сура «Аль-Инсан», аят 18).\nИбну Синаца бицун буго имбиралъул кьибилалъ инсанасул лугбузе асар гьабулин. Ахираб заманалда гӏалимзабаз гьарурал гӏелмиял цӏех-рехазда рекъон, чӏезабун буго занжабилалъ кванирукъалъул, бакь-чехьалъул, гьуърузул хӏалтӏи кутакалда лъикӏлъизабулеб букӏин. Гьелъ кумек гьабула гӏетӏ чвахизабизе, гьури-муч къватӏибе инабизе, ахту лъугӏизабизе, лагӏиялде дандеги чӏола. Риххел щвараб мехалъ гьеб къотӏизабизеги хӏалтӏизабула.\nЩибаб къоялъ дагьа-дагьаб кваналеб бугони, чорхое хинлъи кьола, къуват бачӏинабула, кванде гъира бахъинабула ва би хинлъизабула. Хасго пайдаяб буго квачараб, ай хасалил заманалда хӏалтӏизабизе.\nГьебгун цадахъ гьекъараб чаялъ свак чучизабула, хӏал дагьлъараб, тату хвараб мехалъ къуват бачӏинабула, нерваби гӏодориччазарула, свак инабула. Гьелъ бидулъ холестерин цӏикӏкӏине биччаларо. Занжабилалъул хъалалъ квербакъула кӏващ бачӏинабизеги. Хӏайизалда йигей чӏужугӏаданалъул унтаби сах гьарула, щекӏ букӏкӏунев чиясул гьебги инабула. Кумек гьабула паралич, гӏубил унти бугел чагӏазе, цунтрул къватӏире рачӏинаризе.\nГьуърул унтарал чагӏазе, тӏомол унти ва сунде бугониги аллергия бугезе кутакалда кумек гьабула, гьединго квербакъула гӏадалнахул бидул хӏалтӏи лъикӏлъизабиялъеги. Гьединго пагьмуги цӏикӏкӏинабула. Херлъиялде данде къеркьолел нигӏматазулги бищунго лъикӏаб буго гьеб.\nБотӏрол унти бугев чияс гьитӏинаб гъудалъул бащдаб цӏураб занжабил хинаб лъелъеги бан, паста гӏадаб жо лъугьинегӏан багъарун, надалда, магӏазукъалазул лъоразда лъуни, мадар гьабила. Цӏикӏкӏун унти бугеб рахъалда тӏад дагьаб цӏикӏкӏун чӏван, дагьаб мехалъги тун бацӏцӏина. Гьеб тӏадчӏвараб бакӏ бухӏизабулеб бугони, хӏинкъизе ккараб жо гьечӏо, гьелъ черхалъе зарал гьабуларо.\nКӏудияб бакьалъул унти (геморрой) бугев чияс гьеб сах гьабизе, чайдул гъуд цӏураб аллоэялде тӏаде цо къунтӏ (буцӏцӏ) цӏураб хъурараб занжабилги бан, къойида жаниб кӏиго нухалъ гьекъела. Гьедин такрар гьабила мадар лъугьинегӏан.\nТукабазда ричулел кремаз яги мазаз сах гьабулелдаса нахъе кколаро мугъзал унти сах гьабизе занжабилалъул гьабураб компресс. Гьеб хӏадур гьабулеб къагӏида: кӏиго гьитӏинаб гъуд хъурараб занжабил, гьебго гъуд куркумаялъул, бащдаб гъуд «чили» перецалъулги жубан хинаб лъелъ багъарила. Хинги гьабун, бацӏцӏадаб квасквасул ххамиде тӏадеги чӏван, унтараб бакӏалда лъела ва бортуларедухъ щула гьабила. Гьелъго гьод унтаразеги кумек гьабула, амма хинаб лъелъ гуреб, бухӏараб хурдузул нахулъ жубала. Гьеб кунжуталъул ялъуни горчичнияб нахулъ багъарани, тӏадеги лъикӏаб букӏуна.\nЧчорбал унтаразе занжабилалъул ваннаби гьаризеги лъикӏаб буго. Кӏиго-лъабго гъуд цӏураб хъурараб занжабил цо литр лъелъеги бан, анцӏго минуталъ гьализабила. Хадуб гьелъул бахъараб лъамалъи ваннаялъубе тӏела. Гьединаб ваннаялъур чвердани, ччорбазул унти сах гьабула."}
{"slug": "1813-tiabigiat-va-rukhichiagol-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1813-tiabigiat-va-rukhichiagol-abi", "title": "Тӏабигӏат ва рухӏчӏаголъаби", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Ракъугарцӏазул иргадулаб гьужум\nЖакъа къоялде республикаялда ракъугарцӏаз «ккун» буго росдал магӏишатазул ракьалъул 100 азаргоялдаса цӏикӏкӏун га\n«Россельхозцентр» ФГБУялъул аслияб хӏалтӏи ккола республикаялъул росдал магӏишаталъул ракьал заралиял рухӏчӏаголъабаздаса ва унтабаздаса цӏуни, чӏахӏ-хералъе, гӏезарулел нигӏматазе букӏине бегьулеб зарал цебеккунго тӏатинаби, гьелъул бугеб хӏинкъиялъул цӏех-рех гьаби. Цӏех-рехазул ва анализазул хӏасилги гьабун, тӏатинабураб хӏакъикъияб баян битӏула республикаялъул хӏукуматалде, Росдал магӏишаталъул министерствоялде ва районазул администрациязде. Гьединго росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазда малъула боржине байбихьилалдего ракъугарцӏиде данде рагъ базе кколеб къагӏида. Ракъугарцӏазда данде къеркьей «Россельхозцентралда» тӏадаб иш гуро, гьеб хӏалтӏи гьабизе ккола ракь хӏалтӏизабулел идарабаз: СПКяз, ГУПаз, фермераз ва кумекалъулал магӏишатазул бетӏергьабаз (ЛПХ).\nГьеб масъалаялда бан нижеца гара-чӏвари гьабуна «Россельхозцентралъул» Дагъистаналъул ФГБУялъул филиалалъул директор Мухӏамад Хӏажимухӏамадовасулгун.\n— Мухӏамад, исана Дагъистаналда кинал тайпабазул ракъугарцӏал тӏиритӏун ругел?\n— Кочубеялъул ва Нугъай районалъул гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел авлахъазда тӏибитӏун буго Мароккоялъулин абун цӏар кьураб ракъугарцӏ, ралъдал рагӏаллъуда, лъим гӏемерал ракьазда — бищунго заралияблъун рикӏкӏунеб азиялъулаб ракъугарцӏ. Гьелъул «рехъен» 90 миллион бетӏералдеги бахуна.\n— Исана республикаялда ракъугарцӏ тӏибитӏиялъул ва гьелда данде гьабулеб къеркьеялъул хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб?\n— 20 маялда тӏобитӏараб ракъугарцӏида данде къеркьеялъул хӏалтӏул иш рекъезабулеб штабалъул данделъиялда бицана ракъугарцӏал ругин республикаялъул районазул ракьазул 100 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектаралда. Гьелда гьоркьоса 9600 га гурони бегьулеб куцалде ккезабун гьечӏин. 17 маялда байбихьана ракъугарцӏ гӏемерлъарал ракьазде загьру пунхъизе. Масала, Нугъай районалда ва республикаялъул гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел севералъул ракьазда загьру пунхъана 7400 гектаралде.\n— «Россельхозцентралъул» къуват гӏолищ ракъугарцӏида данде къеркьолел магӏишатазе гӏураб къадаралда загьру чӏезабун?\n— Нижер нахърателалда буго инсектицидазул дагьабго къадар. Гьел загьраби хӏалтӏизаризе ихтияр букӏуна федералиял ракьазда, гьебгиха гьел ракьазда гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал бугин лъазабидал. Фермераз, СПКяз, ГУПаз ва ЛПХяз жидерго ракьалдаса ракъугарцӏ жидецаго загьруги босун, лъугӏизабизе ккола. Гьединаб буго федералияб законалъул тӏалаб, ай гьелда рекъон хважаинас кьезе ккола жиндирго ракьул фитосанитарияб ахӏвал-хӏалалъул жаваб.\n«Россельхозцентралъул» иш буго ракьазул цӏех-рех гьаби, кинаб загьру ва кинаб къадаралда пунхъизе кколебали малъи ва цогидалги тадбиразул баян ракьул хважаинасда лъазаби.\n— Гьел тадбирал тӏоритӏулаго, районазул ва росабазул бутӏрузухъа кумекго щолищ?\n— «Россельхозцентргун» цадахъ лъугьун, гьел хӏакимзабаз ракъугарцӏиде данде къеркьеялъул тадбиразул план ва график бахъизе ккола, гьединго халккола сельхозпроизводителаз гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏуда хадуб. Амма Тарумовка, Бабаюрт, Гъизляр, Нугъай, Хасавюрт районазул бутӏруз гурони, цогидал районазул бутӏруз, «нухда ккелеб батила, кӏудияб зарал ккечӏого рорчӏилел ратила» абун, хӏалтӏи тӏаса-масаго толеб буго. Гьелъие буго цоги гӏилла:\nДагъистаналъул северияб зона ккола, аслияб къагӏидаялда, гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулеб бакӏ. Гьел ракьал районазул администрациязда гьоркьоре унаро, гьединлъидал администрацияз гьезие, кумек гьабун, бюджеталъул гӏарацги кьоларо.\nСоветияб заманалда гьединал масъалаби тӏуразе Хасавюрталда гӏуцӏун букӏана хасаб химотряд. Тӏубараб лъагӏелалъ гьеб хӏалтӏулаан ракъугарцӏазул тӏалабазда: хасало гьелъул хоно хвезабиялда, ихдал гьелъул тӏинчӏ хвезабиялда тӏад, гьелда лъалаан ракъугарцӏал кир рукӏине бегьулебали. Киналго ракьал рукӏана хӏукуматалъухъ, гьединлъидал хӏалтӏаби тӏоритӏулаан лъидаго цӏехечӏого. Гьеб химотряд биххана 1992 соналда, гьелдаса нахъе 2001 соналде щвезегӏан лъицаниги, гьабилан абизе, ракъугарцӏал тӏагӏинариялъе хӏалтӏи гьабичӏо. Жакъа гьеб къагӏида гьечӏо, хӏалтӏиги гьелда рекъараб, бичча-бихъан тараб букӏинарищха. Цоги буго гьадинаб захӏмалъи: жакъа цо-цо участкабазул бетӏергьаби кодорего щоларо. Ракьухъ балагьизе гьел рачӏунаро, арендаялъе ва субарендаялъе ракьги кьун, рилула. Ракъугарцӏиде данде рагъ базе 30-40 азарго гъурушги хвезабун, ижарачагӏазеги чияр ракь щайха?\nГьединлъидал саламатал ракьал руго ,ракъугарцӏалда куркьбал рижизегӏан ва гьеб гьаваялде бахъинегӏан, лъицаниги милат гьабуларел. Гьеб ккола Дагъистаналда ракъугарцӏ гӏемерлъиялъе ва гьелъ гьабулеб зарал цӏикӏкӏиналъе гӏиллаги.\nЛъабго-ункъо соналъ цебе ракъугарцӏ хвезабулаан гӏага-шагарго 20 азарго гаялда, ахӏвал-хӏал цӏуниялъе гьеб гӏолаан.\nАмма 2015 соналда, ракъугарцӏгун къеркьолаго, загьру пунхъизе ккана 60 азарго гаялде, гъоркьиса — 100 азарго гаялде.\nСпециалистаз гьарурал цӏех-рехаз бицунеб буго, заралиял ракъугарцӏал тӏиритӏарал ракьазул гӏатӏилъи исана жеги цӏикӏкӏине бугин.\nЖакъа къоялде республикаялда ракъугарцӏалъ «ккун» буго росдал магӏишатазул ракьазул 100 азаргоялдаса цӏикӏкӏараб га. Гьелдаса 26 азарго га гурони бегьулеб куцалде ккезабун гьечӏо. Гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола магӏишатазул нухмалъулез ракьалъе страхование гьабуларого букӏин ва страхование гьабичӏеб ракьалъе ракъугарцӏица гьабураб зарал хӏукуматалъ бецӏуларого букӏин.\n— Исана хӏукуматалъ ракъугарцӏиде данде рагъ базе гӏураб къадаралда гӏарац биччан гьечӏищ?\n— 2012 соналде щвезегӏан федералияб бюджеталдаса бачӏунаан гьелде данде рагъ базе гӏарац. Гьелъул лъикӏаб хӏасилги кколаан. Исана, республикаялъул гӏемерисел ракьазда ракъугарцӏ тӏибитӏун букӏинги хӏисабалде босун, ДРялъул хӏукуматалъ загьраби росизе биччан буго 15 миллион гъуруш. Дагъистаналда ракъугарцӏ тӏагӏинабиялъул мурадалда лъикӏаб даражаялда хӏалтӏи гӏуцӏиялъе къваригӏуна 45-50 млн гъуруш.\n— Кочубеялъул зонаялда ругел магӏишатазул нухмалъулез ва гӏухьбуз абулеб буго, хӏукуматалъ ракъугарцӏиде данде балеб рагъ гӏураб къагӏидаялда гьечӏин, гьеб рахъалъ жидее щолеб кумекги гьечӏилан …\n— Гьез цӏакъго хӏалуцинабулеб буго, амма…\nГӏухьбуз бокьараб абизе бегьила, амма хӏалтӏуда гӏунгутӏаби камун гьечӏо. Дармилал конкурсал лъугӏун рукӏине кколаан ракъугарцӏил тӏинчӏ къватӏибе бачӏиналдего. Гьеб тадбиралъе дагьал кватӏана. Гьединлъидал хехал тадбирал гьаричӏони, ракъугарцӏ къватӏибе лъугьун 30-40 къо баралдаса боржине байбихьула. Божи буго ракъугарцӏида данде гьабулеб хӏалтӏи рукӏалиде ккеялда. ДРялъул росдал магӏишаталъул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас цӏакъ кӏваркьолеб буго ракъугарцӏазда хурхун гьарулел хӏалтӏабазде. Церехун риччарал гъалатӏалги хӏисабалде росун, Росдал магӏишаталъул министрствоялъги Россельхозцентралъулги цадахъаб хӏалтӏудалъун исана ракъугарцӏал лъугӏизаризе тадбирал тӏоритӏулел руго.\n— Гьеб масъала тӏубаялъе щибха гьабизе кколеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, чара гьечӏого хӏажат буго хасаб федералияб программа, гьеб тӏубазабизе гӏуцӏизе ккола ракъугарцӏида данде къеркьеялъул хӏалтӏи гьабулеб федералияб центр. Гьеб мехалъ букӏина техникаги, гӏураб къадаралда гӏарацги, загьруги. Лъайги махщелги бугел специалистал нилъер гӏунги тӏокӏ руго.\nРакьал лъил ругелали цӏехечӏого хӏалтӏи гьабулеб къагӏидаялъе ургъизе къваригӏун руго. Щибаб магӏишаталъ жиде-жидецаго хӏалтӏи гьабулеб бугони, ай цояс гьабун, цояс гьабичӏони, гьелъул хӏасил кколаро, яги кинабго хӏалтӏи гьабизе гӏураб къадаралда гӏарац кьезе ккола республикаялъул бюджеталдаса. Гьединал тадбирал гьаричӏони, ракъугарцӏал къойидаса къойиде цӏикӏкӏуна, росдал магӏишаталъе гьез гьабулеб заралги гӏемерлъула.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "1814-kag-titsa-saparalde-akhiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1814-kag-titsa-saparalde-akhiana", "title": "Кагътица сапаралде ахӏана", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Масъалаби гӏемераб, ресал дагьаб хӏалтӏи\nНухде чабахги базе, къед цӏигьабизе сали-цементги биччазе рагӏи кьуна\nнухазул участкаялъул нухмалъулес\nГъуниб районалде сапар бухьиналъе гӏилла ккана Сугъралъ-Бухтиб нухда хӏалтӏи гьабулеб гьечӏин, хасго Бухтиб росулъе гӏагарлъулеб бакӏалда бугеб нух квешаб хӏалалда бугин ва районалъул нухазул участкаялъул нухмалъиялде хъварал кагътазулги гьарурал хитӏабазулги хӏасил кколеб гьечӏин абун редакциялде кагътал рачӏин. Тахшагьаралдацин, хасго гьелда сверухъ ругел поселоказда нухазул бугеб хӏал нилъеда цебе буго. Мугӏрузул районазда ахирал соназда гӏезегӏан цӏиял нухал гьаруна, къачӏана, хъил тӏуна, амма жеги гӏемерал росабалъе ругел нухал лъикӏаб хӏалалда ругин абизе бакӏ гьечӏо. Гьебги хӏисабалде босун, цоги районазда ругел нухалги рихьидал, Гъуниб районалда гьел цӏакъго хварал, къадарал ругин абизеги кинго кӏоларо.\nГъуниб-Сугъралъ-Бухтиб\nАнцӏгогӏанасеб соналъ цебе хӏалтӏизе биччана Гъуниб-Сугъралъ (20 км) цӏияб, хъил тӏураб нух. Гьеб дагь-дагьккун чӏунтизе байбихьана ва гьабсагӏаталда (хасго хасало) гьеб расги лъикӏаб хӏалалда гьечӏо. Сугъралъ-Шамгъуда-Бухтиб нух (8-9 км) хъил тӏураб гьечӏо, амма Шамгъуда росулъе щвезегӏан гьеб буго гӏемер къварилъи гьечӏеб, мугӏрузул шартӏазда рекъон, гӏодоб тӏамураб, парахатаб. Шамгъудаса унеб гьеб Гъумекибехун бугеб свериялде щвезегӏан хӏакъикъаталдаги буго къваридаб, захӏматаб, кин гьенисан хасало машинаби хьвадулелин ккараб. Гьеб свериялдаса Бухтибе щвезегӏан бугеб 2 километралъул, эхедераялъ унеб, гъоркьиса къачӏан лъугӏараб, жинда сверухъ гӏемераб дагӏба-рагӏи бугеб нух, щаялиго нижее ва нижер машинаялъе захӏмалъичӏо. Тӏоцере ниж щвараб росдал администрациялъул хӏалтӏухъабазда лъалевго ватичӏо Бухтиса редакциялде битӏун бачӏараб цо кагътил автор Юнусов Юнус Мухӏамадович. Абуна гьединав чи Бухтиб росулъ гьечӏин. Гьечӏев чи валагьизе нижги лъугьинчӏо. Амма гьеб ва гьебго мисалалъул кагътазда рехсарал хӏужабазул, росдал гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицун гара- чӏвари гьабуна бегавул Гӏумарасхӏаб Гъазиловасулгун.\nБегавул вищизе кӏоларого…\n— Чан чияс гӏумру гьабулеб бугеб Бухтиб, кинал социалиял объектал росулъ ругел?\n— Гьабсагӏаталда росулъ буго 78 цӏараки, хъвай-хъвагӏай гьабурав 330 чи. Гӏумру гьабун вуго 200-гӏанасев чи. Гьоркьохъеб школалда цӏалулев вуго 86 цӏалдохъан, ясли-ахалда буго 35 лъимер. Росулъ буго: клуб, библиотека, ФАП, почалъул отделение, кӏиго тукен, цо мажгит, гьанже цоги балебги буго.\n— Киналха ругел росдал аслиял, жамагӏаталда церечӏарал масъалаби?\n— Цӏакъго захӏматаб масъала буго ракьазул. Мадугьалихъ росабалъ киналго ракьал руго росабазул администрациязухъ, амма нижер гӏаммаб ракь (кӏиазаргогӏанасеб гектар) буго районалъул администрациялъухъ. Росулъ гӏемер руго минаби разе бокьарал, гьелъие планал хӏажатал гӏадамал, амма магӏишатиял ракьал администрациялъул балансалде росичӏого, дида кӏоларо гьел кьезе, гьечӏо гьединаб ихтияр. Росдал администрациялъул ихтияралда гьечӏо росдал ракь, гьеб хӏал хисизабизе республикаялъул кадастралъулаб палаталде документалги кьун руго, амма лъабго лъагӏел свераниги, гьеб суал цебехун унарого буго. Цере гӏемер рукӏана лъел масъалаби, кьиндал хутӏулаан гьебги гьечӏого. Нижеца 300-гӏанасеб метралъул манзилалда хисана рогӏрал, цо-цо бакӏазда гьел къачӏана. Кьиндал дагьлъун гурони, цониги нухалъ хутӏичӏо лъим гьечӏого. 3-3.5 км гӏанасеб манзилалъ цӏияб лъим бачине тӏаде босун буго цо гӏолохъанчияс, гьебги бачани, лъел суал тӏабанго лъугӏула. Токалъул бицани, кьиндал гӏоларо гьелъул къуват, гьури бахъанщинахъе, сунаан. Нижеца байбихьана токалъул хӏубал хисизе. Хисана къогоялдасаги цӏикӏкӏун хӏуби, исанаги хисизе буго жеги 20. Гьелда цадахъ къачӏазе руго росулъ жанир нухалги.\n— Рачӏаха нухазул бицинин…\n— Гъумекибехун нух бикьулеб свериялдаса байбихьулеб гьеб буго кинавго чиясул бадиб къараб нух. Цебе гьеб букӏана къваридаб, гӏазу-цӏад бани, кутакаб хӏарщги багъарулеб, киданиги машинаги бахунареб, нухин абизе ресго гьечӏеб. Аслияб куцалда экстремизмалъул, яргъид гӏуцӏарал рохьазде иналъул рахъалъ хӏалуцараб ахӏвал-хӏал бугин рикӏкӏунеб анлъго росдал бутӏрулги ахӏун, Рамазан Гӏабдулатӏиповас гӏахьаллъиги гьабун, 2015 соналда Гъуниб тӏобитӏун букӏана кӏудияб данделъи. Гӏабдулатӏиповас гьениб абуна бугеб хӏал парахалъиялде буссинабиялъе жиндир рахъалдасан гьабизе хӏажатаб кумек бихьизабейин. Бухтиб росдал рахъалдасан дица борхана нухазул суал, гьарана нухлул гьагъаб бутӏа къачӏазе кумек гьабейин. Гьебго соналда байбихьараб хӏалтӏиги 2017 соналъул хаслихъе лъугӏана. Гӏемерго гӏатӏид гьабуна нух, бана чабах. Амма гьелъул лъугӏел ккана гьадинаб: росулъа вакилзабиги ахӏун, къотӏи-къаялги гьарун, официалияб къагӏидаялда нижехъе кьечӏо нух, кибго гьечӏо дир гъолбас. Нижер гьаниб гӏемер дагӏба-рагӏи ккола нух гьабиялъе биччараб гӏарац (4 млн гъуруш) росдал администрациялъул счеталдеги бачӏун, нухазде гуреб цоги мурадазе гӏоло хӏалтӏизабун бугин абун рижулел харбазда сверухъ. Нижер счеталде бачӏунаро гьединаб гӏарцул цо капек. Нухазул заказчикас («Дагъавтодор») гьеб кьола хӏалтӏи тӏаде босараб подрядчикасухъе (Гъуниб нухазул участок, ДЭП №11). Гьабураб нухда сверухъ гӏезегӏан хутӏана ниж рази гьечӏел бакӏал, гьаричӏел хӏалтӏаби. Дица гьел загьир гьарураб заманалда, нухазул участкаялъул начальник Шамил Ибрагьимовас абуна проекталда рекъон жинца кинабго хӏалтӏиги тӏубанин, гьелъие биччараб гӏарацги лъугӏанин. Тӏад араб гӏарцуда рекъон гьаричӏо нухал, разе кколел бакӏазда рачӏо къадал, тӏаса гӏодобе хӏари бачӏунеб бакӏалда лъезе кколаан рогӏрал. Хӏатӏгун цадахъ бараб чабахги бана тӏеренго, гьебги дагь- дагьккун унеб буго чурун, гьелда тӏасан хьвадулел машинабиги хущтӏизе байбихьана. Гьенибе чара гьечӏого базе ккола 20 КамАЗниги чабхил. Кьун букӏана рагӏи базе, жеги гьебги бачӏо. Шамгъуда росулъа Гъумекибе унеб нухде щвезегӏан бугеб нух буго цӏакъго квешаб, машина хьвадизе хӏинкъараб хӏалалда. Гьениб бугеб цо захӏматаб свери битӏизабизеги кьун букӏана рагӏи, гьебги гьабичӏо жеги. Къваригӏун букӏана ракьанал рахъизе экскаватор- погрузчик, лъабго моцӏ буго гьеб битӏун бачӏунарого. Дица хъварал кагъталги руго, Сугъралъ-Бухтиб нух гъоркьиса хаслихъего къачӏан лъугӏизабизе ресал ралагьизе районалъул бетӏерасул тӏадкъайги буго, амма гьабилин, тӏубалин Шамилица рагӏи кьун гурони, хӏасил гьечӏого буго. Кин бугониги, хьул буго районалъул нухазул участкаялъ кквелин кьураб рагӏи, рагӏалде бахъинабилин тӏаде босараб хӏалтӏи. Буго цоги рахъги. Гъоркьиса хасало лъугӏана дир хӏалтӏул болжал. Гьелдаса нахъе ниж руго росдал бетӏер вищизе кӏоларого (гьев вищула росдал депутатаз), дагӏба-рагӏиялда, жамагӏаталъул пикру цойиде бачӏунарого. Росдал жанисел масъалабазги рищиязул суалазги квалквал гурони кинаб квербакъиха гьабилеб нухазулги цогидал ишазулги масъалаби тӏураялъе…\nТӏаса-масаго бараб къед\nНиж дандчӏвана цоги гӏарзаялъул бетӏергьан Хӏамзат Нуровгун. Росу рагӏалда бугеб гьесул минаялда аскӏобе бачӏуна гьаниб гӏемер рехсараб машинадул нух. Хӏамзатица гӏарзаялда хъван букӏана ва жакъа нижедаги бицана нух гьабиялъулъ, гьеб къачӏаялъулъ гьесда рихьулел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ. Гьелда цадахъго гьес абулеб буго минаялда аскӏоб гӏатӏид гьабураб нух кквеялъе бараб къед цӏакъ тӏаса-масаго, кьучӏцин лъечӏого, лъималаз гӏадин бан бугин. Гьелда тӏад хвезабураб 25-30 азарго гъуруш жиндихъе кьун букӏарабани, жинца букӏине кколедухъ гьабилаанин гьеб хӏалтӏи. Гьабсагӏаталдаги нухазул участкаялдаса гьес тӏалаб гьабулеб буго ялъуни, гьеб къедги биххун, цӏидасан байин, ялъуни гьелъие биччараб гӏарац, сали-цемент жиндихъе кьейин. Тӏадеги жубана, чан гӏарза хъваниги, чан нухалъ Шамил Ибрагьимовасда абуниги, гьабилин рагӏи кьун гурони гьабулеб хӏалтӏи гьечӏин. Бихьулеб буго, хӏакъикъаталдаги, къед тӏаса-масаго бараб букӏин. Щай гьедин бугеб? Гьелъиеги нухазда хурхарал цогидал суалазеги жаваб балагьизе ниж тӏадруссана Гъунире.\nБицине бигьаяб, гьабизе захӏматаб\nЩвана районалъул нухазул участкаялде (ДЭП №11) ва гьелъул нухмалъулев Шамил Ибрагьимовасулгун гьабуна гьадинаб гара- чӏвариги.\n— Нужеца гьабизе кколеб хӏалтӏи кинаб бугеб?\n— Жакъа нижер буго лъабго бульдозер, цо грейдер, цо КамАЗ, цо КДМ (хасало нухазде ракь балеб машина). Гьеб гӏолареб, хӏалтӏи цӏикӏкӏараб заманалда къотӏи-къаял гьарун бачуна цоги хӏажатаб техникаги. Вуго 28-34 хӏалтӏухъан, гьеб къадар хисула сезоналъулаб хӏалтӏуда рекъон. Гьелда гьоркьоре уна, хасало гӏазу бараб, цӏер къараб заманалда нух бацӏцӏад гьабизе, гьенибе ракь рехизе щибаб росулъ нижеца ккун ругел (лъабго-ункъо моцӏалъ, ункъо-щуго азарго гъурушги кьун) хасал хӏалтӏухъабиги (ремонтерал). Гьединав хӏалтӏухъан вуго Бухтиб росулъги. Нижер аслияб хӏалтӏи ккола районалъул росабалъе ругел нухал (185 км) хӏалтӏулеб хӏалалда чӏезари, бараб гӏаздадаса, гьунараб ракьалдаса, гӏодоре рачӏарал чӏахӏиял ганчӏаздаса рацӏцӏад гьари. Бюджеталъул организациязул букӏунеб хӏисабалда щибаб моцӏалъ нижее бихьизабураб, биччалеб гӏарац букӏунаро. «Дагъавтодоралъ» гьеб кьола хъварал контрактазда, гьабураб хӏалтӏуда рекъон. Цо км хӏисаб гьабун, нижее биччала 25-30 азарго гъуруш, нормативалда рекъон гьеб букӏине ккола 300-400 азарго гъуруш… Нухазда капиталияб хӏалтӏи нижеца гьабула гьединаб заказ щвани, «Дагъавтодоралъ» гӏуцӏарал тендеразда бергьани, нижергун контракт хъвани. Бухтибе унеб нухда хӏалтӏи гьабизе ихтияр щун букӏана 2015 соналда.\n— Лъил балансалда бугеб 10 соналъ цебе бахъараб, Хӏамзатовасулин абулеб, Гъуниб-Сугъралъ нух. Лъиде тӏаде кколеб гьениб гьабулеб хӏалтӏи?\n— Гъуниса-Чӏохъе (Чӏохъ къулгӏа) щвезегӏан бугеб нухлул бутӏа лъилго балансалда гьечӏо. Абизе бегьула гьеб бугин гьаваялда. Чӏохъа Сугъралъе щвезегӏан нух буго «Дагъавтодоралъухъ». Гьелъул капиталияб ремонт, планалда лъун бугони, тӏаде босула «Дагъавтодоралъ», гӏиси-бикъинаб хӏалтӏи гьаби буго нижер иш.\n— Гьанже Бухтиб росдалги бицинин. Гӏемерал гӏарзал руго нужеца къачӏараб кӏиго километралъул нухда (Гъумекибе свери-Бухтиб) сверухъ. Рази гьечӏо нужеца гьабураб хӏалтӏудаса, абулеб буго, тӏад араб гӏарцуда рекъон гьабураб хӏалтӏи гьечӏин. Дуца щиб абилеб?\n— Рехсараб нухда гьабуна проекталда бихьизабун букӏараб кинабго хӏалтӏи. Рарал къадазул кубатураги буго проекталда бихьизабун букӏараб. Лъуна рогӏрал, гьезде тӏадеги — гьеб гӏоларин абун, 500 сантиметр рогӏороялъул бакӏалда лъуна 900 сантиметралъул, лъуна цоги, ай проекталдаго букӏинчӏеб рогӏороги. Чабахги бана тӏабигӏияб, нилъерго гьаниб бугеб тайпаялъул, бихьизабураб бакӏалдаса баччун, проекталда бихьизабураб 8 см бицалъиялъул. Росдал гӏадамазе гьеб 25- 30 см бицалъиялъул букӏине бокьун бугин абун, проекталда гьечӏеб кин ва киса дица базе букӏараб?\n— Дуде гӏайибчӏвалеб буго нухде биччараб 4 млн гъуршиде (цо км – кӏиго млн гъуруш) хӏалтӏи лъоба гьабун гьечӏин абун…\n— Гӏадамазда бичӏчӏуларого, лъаларого батизе бегьула гьадинаб жо. Ункъо млн гъуруш нижеда кодобе кьолеб, «чӏагояб» гӏарац гуро, гьеб буго щибаб гъуршил хӏисаб бугеб, нижеца жаваб кьезе кколеб гӏарац. Гьелда тӏаса уна налогал, техникаялъе росулел запчастазухъ гӏарац, хӏалтӏухъабазе кьолеб мухь. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, биччараб гӏарцуда рекъараб, гьелда рекъон бихьизабураб кинабго хӏалтӏи гьабуна лъоба.\n— Букӏана абулеб чабхил пуланаб къадар нухде баччизе дуца рагӏи кьун бугин. Бугищ гьединаб рес?\n— Чӏванкъотӏараб къадар чабхил гьенибе балин дица киданиги абичӏо. Амма дир ресалда рекъон чабах, 5-10 КамАЗ, кӏвани дагьаб цӏикӏкӏунги гьенибе бала, цебехун бараб дагь-дагьккун чурун инчӏого букӏунарелъул.\n— Хӏамзат Нуров рази гьечӏо нужеца бараб къададаса. Хӏакъикъаталдаги гьелъул гьечӏо гӏолеб халалъи, борхалъи ва гь. ц.\n— Къед бана 2015 соналда, проекталда рекъон, гьеб балел хӏалтӏухъабиги рукӏана Бухтисаго. Гьабсагӏаталда гьебги биххун цӏидасан баялъул суал букӏине рес гьечӏо, амма гьеб цӏигьабиялъул, дагьаб гӏатӏид гьабиялъул хӏалтӏи живго Хӏамзатица тӏаде босани, хӏалтӏухъабазе мухь кьезе рес дир гьечӏо, амма бащдаб КамАЗ салулги тонна цементалъулги, кумек хӏисабалда, дица битӏила гьесухъе.\n— Нижеда цӏакъ квеш бихьана Шамгъудаса Гъумекибе свериялде бугеб нухлул бутӏа. Гьечӏищ гьелъие сабаб?\n— Доб буго къваридаб, эхедераялъ унеб, данде машина ккани, сверизе бакӏ гьечӏеб, кьиндал цӏикӏкӏараб хӏинкъи бугеб бакӏ. Лъабго метралъниги гӏатӏид гьабичӏого гӏоларо нух, гьеб буго кӏудияб, капиталияб хӏалтӏи, гьеб гьабизе нижер къуват гӏоларо. Дица Шамгъуда ва Бухтиб росабазул бегавулзабазда абунги букӏана, жакъаги абулеб буго — гьеб нух капиталияб ремонт гьабизе хӏисабалде босараб планалде гьоркьобе босеян, районалъул ва «Дагъавтодоралъул» нухмалъулезул цӏаразда кагътал хъвайин. Планалда лъун хадуб, цебе ине буго хӏалтӏиги.\n— Гьаб гара-чӏвариялъе ахир дуцаго гьабуни…\n— Гьаб гӏатӏиракьги гуро, тӏаде ралагьарал мугӏрул нахъе росизе ресги гьечӏо. Гьединлъидал гьаниб киданиги букӏунаро ракь ччукӏулареб, ганчӏал рачӏунареб, хӏарщ камураб мех. Нухазул халалъи 185 километрги бугони, дагьаб гурони техникаги гьечӏони, гьебги хераб бугони, кидаго гуро бокьанагӏан хехго хӏалтӏи гьабун, нух цо хӏалалда чӏезабун бажарулеб. Магӏарухъ ругел нухал нилъ разияб хӏалалда чӏезари буго масъалаби гӏемераб, ресал дагьаб хӏалтӏи. Нижер ресазда рекъон, тӏадаб хӏалтӏи гьабичӏого нижеца толаро. Мисалалъе, дагьаб цебеги хасало Бухтибе машина бахъи букӏана тӏубараб масъала, гъора гӏодор машинабиги тун унаан бухтал лъелго росулъе. Гьале лъабго сон буго, кӏудияб гӏазу бан, нижер бульдозер тӏаде щвезегӏан дагьаб заманалъ чӏезе ккун гурони, цӏад бан, росулъе машина бахъичӏого хутӏичӏо.\nХадурагӏиялъул бакӏалда\nРайоналъул нухазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ чанго рагӏи абуна ГИБДДялъул начальник Расул Бигачевасги.\n— Нусабго проценталъ кинабго тӏубараб бакӏ кибго ва сундулъго букӏунаро, амма лъикӏ букӏуна щивас жиндаго тӏадаб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго, кколеб куцалда гьабулеб бугони. Районалъул нухазда бугеб ахӏвал-хӏалалда бан дица, дир хъулухъалда рекъон, халгьабичӏого тараб щибго гьечӏо. Гьаризе тӏадал ишалги рехсон жакъасеб къоялде дица кьун буго 8 предписание, Шамил Ибрагьимовасда тӏад хъвана административияб протокол. Районалда руго лъикӏал нухалги, камун гьечӏо квешалги. Нилъеца хӏисабалде босизе ккола 10-15 соналъ цебе нухазул букӏараб хӏалги, бичӏчӏизе ккола киналго нухал цадахъ къачӏазе ресги къуватги гӏоларого букӏинги. Амма нухал кӏвар гьечӏого тун гьечӏо, дагь-дагьккун гьарулел руго хӏалтӏаби. Цо заманалда Кӏогьорире рукӏана цӏакъго квешал нухал, жакъа гьеб буго лъикӏаблъун рикӏкӏине бегьулеб нух. Гӏунтӏиб-Щуланубе къачӏана нух. Гъуниб ГЭСалдаса байбихьун буго лъикӏаб хӏалтӏи, тӏолеб буго хъил. Руго цоги лъикӏал ишалги. Бухтире нухал гӏемер реццизесел гьечӏо, гьелда хурхунги хъвана дица акталги, кьуна предписаниялги. Шамилица абула гьелъие дагьго гурони гӏарац биччалеб гьечӏин, цӏикӏкӏун харжал унел хӏалтӏаби гьаризе рес гӏоларин. Хӏасил гьабуни, гӏунгутӏаби гӏезегӏан ругониги, Гъуниб нухазул участкаялъ бугеб ресалда рекъон хӏалтӏи гьабулеб гьечӏин абизе дида кӏоларо.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1815-zhak-aseb-k-oyal-ul-khiak-ik-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1815-zhak-aseb-k-oyal-ul-khiak-ik-at", "title": "Жакъасеб къоялъул хӏакъикъат", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Миллаталда кьаву рекӏунеб буго\nМацӏазул къаданиб зани щай чӏвалеб?!\nРекӏел чӏвабзаз рачунел талихӏкъосарал бакънал\nЗама-заманалдаса магӏарухъе щолелъул, ракӏалде кколаан лъидайин кӏолеб нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизейилан. Амма гьеб къуват букӏун буго нилъехъго, дагъистаниязухъ. Миллаталги мацӏалги гӏемерлъиялъ берцин гьабун букӏана Дагъистан, хӏатта Россиягицин кӏудияб букӏана мацӏазул бечелъиялъ. Мацӏал батӏиял, амма хьулалги анищалги цо ругел гӏадамаз гӏажаибаб гугьар рещтӏинабун букӏана киса-кибего. Мацӏазул гӏемерлъиги гӏадамазул цолъиги — гьеле гьеб букӏана Россиялъул аслияб чӏухӏиги, тӏадегӏанлъиги, борхалъиги. Гьанже гьеб чӏухӏи сверулеб буго бухӏиялде.\nЦиндаго Дагъистаналъул баракатаб ракьалда пирхана рокьукъаб пири. Гьелъ чӏурхӏун лъезехъин руго гӏасрабаз нилъер чӏухӏилъун рукӏарал адабиятги, маданиятги, гӏадаталги. Миллаталда кьаву чӏвазе байбихьарал гьал къоязда нилъер щивасул, ай хадусел наслабазул букӏинеселъул ургъалида ругел дагъистаниязул, рекӏел чӏвабзазги рачине байбихьана магӏил цӏурал пашманал бакънал. Гьел бакънал рагӏичӏо халкъалъ рищарал цо-цо депутатазда. Ва гьез загьир гьабуна жидерго рохел — гьел тӏадрекъана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабизехъин бугеб рахьдал мацӏал лъималазе бокьани гурони малъизе кколарин абураб цӏакъго загӏипаб пикруялда.\nБахъуге халкъалъухъа Тӏадегӏанас кьураб гьеб рахӏмат. Биччанте школазда рахьдал мацӏал малъи тӏадаблъун хутӏизе. Щай нуж хӏинкъуларел халкъалъул нагӏанаялдаса!? Цин инкар гьабила мацӏалдаса, хадур рикӏкӏад гьарила дунялалъго бетӏер къуларал къадруял гӏадатаздаса, бидуца хъвараб тарихалдаса, тарихалъул бицунеб адабияталдаса. Цинги щалха нилъ кколел!?\nРакӏалдецин кколароан гьадинаб суалгицин бачӏинин миллатаз берцин гьабун бугеб Дагъистаналдайилан. Бичӏчӏулеб гьечӏо — щиб пайдагӏаги бугеб мацӏал школалда малъи мукъсан гьабиялдаса. Кинаб культураялдаса нилъеца инкар гьабулеб бугеб. Согӏал мугӏрузул согӏал законаз куцалеб гӏел нилъеца хисизехъин буго, кӏудиял гӏедал, жидерго умумул ралагьизе ругеб гӏелалдалъун. Бугищ жакъа нилъер ихтияр имам Шамилидасаги, гьесул наиб Хӏажимурадил бахӏарчилъиялдасаги, Хӏамзатил Расулидасаги, ватӏаналдаса рикӏкӏадги Дагъистаналъухъ угьдарав Халилбег Мусаясуласдасаги ва Дагъистаналъулги Россиялъулги цӏар дунялалда рагӏизабурал васаздасаги ясаздасаги чӏухӏизе ихтияр. Унго-унго рагӏиларелищха нилъер наслабазда магӏарул мацӏалда Махӏмудил рокьул жугьабиги, Цӏадаса Хӏамзатил гӏужилаб каламги, Инхоса Гӏалихӏажиясул философиял асаразул гӏакъиллъиги!\nЩай гьикъизе кколеб лъималазда гьезие рахьдал мацӏазул дарсазде ине бокьилищилан. Киналго предметазул дарсазде бокьунищ гьел унел? Гьикъеха гьезда гьебги. Лъималазда гурхӏунищ гьеб гьабизехъин бугеб? Битӏараб буго — гӏумруялъго тӏалаб гьабулеб буго гӏурус, ингилис ва цогидалги мацӏал лъай. Амма гьел лъаялъе рахьдал мацӏаз квалквалищ гьабизе бугеб!?\nТалихӏалъул бакъул цо чӏор, эбги аслияб, камураб Дагъистан. Батизе бугебдай гьелъул гъасда эбелалъулаб хинлъиги инсулаб тӏалабги хадусел наслабазда. Гьеб чӏоралъул гвангъи лъугӏани, сун инарищ цогидал чӏоралги. Миллаталъул борхалъуде нух къосараб гӏел жагьиллъиялъул кӏкӏалахъе гирун инагури.\nРахьдал мацӏ — гӏумруялъул аслу\nва байбихьи\n29 маялда, Журналистазул рокъор данделъун рукӏана магӏарул мацӏалъул букӏинеселъул ургъел бугел магӏарул миллаталъул вакилзаби: гӏалимзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, магӏарул мацӏалъул учительзаби (гьел рачӏун рукӏана магӏарул щибаб районалдасаги). Гьел киналго данде гьаризе кӏудияб хӏаракат бахъана магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ. Гьелъул ахӏуе жавабги гьабун, данделъиялде рачӏараз ракӏунтун бицунеб букӏана магӏарул мацӏалъул къисматалъул. Данделъи рагьана ва нухда бачана Баху Мухӏидиновалъ. Гьелъ бицана магӏарул мацӏ лъималазда кӏочене гьабизе байбихьун бугеб «бахӏарчияб» хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Абизе бегьула гьеб данделъи букӏанин магӏарул мацӏалъухъ тӏолеб унго-унгояб магӏуйилан. Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула гьитӏинаб жо кӏодо гьабулел ругилан. Гьитӏиналъха лъолеб байбихьи кӏудиял ишазе.\nРахьдал мацӏаздехун жакъа бугеб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ жидерго пикраби загьир гьаруна гӏалимзаби, профессорал Загьир ва Велибег Мирзабеговаз, ДГПУялъул гӏалимчи Мухӏамад Нурмухӏамадовас, Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏалимчи Хӏайбула Вакиловас, жамагӏатчи, гӏалимчи Шамил Мухӏидиновас, Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель, Гъизилюрталдаса Сарат Мухӏумаевалъ, шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ, батӏи-батӏиял шагьаразда ва районазда хӏалтӏулел ругел рахьдал мацӏазул учительзабаз. Рекӏее кӏудияб асар гьабуна, магӏарулаз байбихьараб гьаб пайдаяб ишалъул рахъккун, дандеруссиналде рачӏарал Дагъистаналъул киналго миллатазул вакилзабазул кӏалъаязухъ гӏенеккидал. Киналго кӏалъаязул букӏана цохӏого цо мурад — хадусел гӏелазе миллатги мацӏги цӏуни ва школазда рахьдал мацӏазул дарсазде лъимал хьвади тӏадаблъун хутӏи. Тӏокӏаб батӏияб, тӏубазабун бажарулареб тӏалаб букӏинчӏо. Данделъиялда гьединго хитӏаб гьабуна Пачалихъияб Думаялъ цебе босизе бугеб проекталъул рахъккурал ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаздеги.\nШамил Мухӏидиновасул кӏалъаялдаса\nРагӏизе те ирсилазда умумузул рагӏиги, мацӏги, гьаракьги, гьездасан бачӏунеб яхӏги, бахӏарчилъиги, чилъиги. Нилъехъаги рорчӏани, умумузул хазинабиги цӏуничӏони, гьел жидерго кваркьиялде гъоркье рачине хӏадурун руго хъубаб хьвада-чӏвадиялъул мекъи ккарал къавмал. Те нилъер школазда дагьабниги яхӏги гӏаданлъиги бижизабулел предметал. Хвезаруге, гӏемераб къобихьун, гьунар бугел учительзабаз гӏуцӏарал школал. Малъе бокьарал мацӏал. Гьезул зарал букӏунаро. Мацӏаз гуро гӏадамал къосинарулел, мацӏ лъаларел, гӏакълу биларал гӏадамазин. Дие магӏарул мацӏ тӏагӏин буго магӏарул халкъ тӏагӏин, гьезул махӏги яхӏги — кинабго лъугӏи.\nТубхӏат Зургьаловалъул кӏалъаялдаса\nТӏокӏаб ургъелги агъазги гьабизе, гьукъизе жогийищ камун бугеб нилъер кӏудияб пачалихъалда, тӏогьол квацӏи гӏадин жиб берцин гьабулел миллатазул мацӏ, эбелалъул рахьдада цадахъ гьезул бидурихьазулъе тӏинкӏараб мацӏ, гьезул ракӏазулъги пикрабазулъги бекьараб мацӏ, билълъанхъизе гьанжего гьанже байбихьараб лъимералъул квачӏаз, бортилин хӏинкъун, хапун кколеб эбелалъул квер гӏадинаб гӏагараб мацӏ гьел миллатазухъа кьурун кодоса бахъи гурони.\nРахьдал мацӏ рокъоб малъани гӏолин лъугьунел руго цо-цо жагьилзаби. Амма диалекталги цоцазда ричӏчӏуларел мацӏалги ругел нилъер росаби ругел магӏарулазе ургъараб жо буго болмацӏ, ай литературияб мацӏ.\nГьеб, нилъ цоцазда ричӏчӏизелъун бугеб болмацӏ, адабияб мацӏ, берцинаб, гьуинаб мацӏ малъула школалда. Гьединлъидал хӏажат буго миллаталъул букӏинеселъе гӏоло школазда рахьдал мацӏал малъи тӏадаблъун гьаби. Нилъехъе нилъер бахӏарчиял умумуз кьураб бищун хирияб хазина буго рахьдал мацӏ. Гьеб тӏагӏани, тӏагӏуна миллат. Жакъа гьеб цӏуни нилъее гъазаватлъун лъугьун буго. Хинкӏги миллатги цо цӏадирабазда лъолезда лъай абе, тарихалда, бахӏарзазул гурелги, хиянатчагӏазулги цӏарал хутӏулеллъи.\nБахъуге нижехъа умумузул мацӏ\nЛъугӏана рахьдал мацӏал цӏунун тӏобитӏулеб иргадулаб данделъи. Ратӏалъана дагъистаниял, къварилъиялъулги пашманлъиялъулги гьурмалги цӏун. Рагӏилародай нилъер гьаракь нилъецаго гьаркьал кьурал нилъерго Халкъияб Собраниялъул нилъерго депутатаздаги улкаялъул тахшагьаралдаги. Щивасул рекӏелъ ургъалабазул мугьру чӏвараб гьадинаб данделъиги ахирисеблъун батаги дагъистаниязе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1816-kalendar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1816-kalendar", "title": "Календарь", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Июнь моцӏ\nСабантуй. Кутнал къо\nТатаразулги башкиразулги миллияб байрам — хурул хӏалтӏабазул цоябги лъугӏун, цогидаб байбихьи. Байрамалъулал тадбирал халатрахъуна моцӏалъ. Цин байрам тӏобитӏула росабалъ, колхозазда, хадуб — райцентразда. Ахиралда тӏобитӏула шагьаразда.\n* * *\nХалкъазда гьоркьосеб лъимал цӏуниялъул къо\nТӏоцебесеб июналда гьеб байрам тӏобитӏизе хӏукму гьабуна 1925 соналда Женеваялда букӏараб тӏолгодунялалъул конференциялда.\n* * *\nГӏурус мацӏалъул къо\n6 июналда тӏобитӏулеб гьеб байрамлъун рикӏкӏуна А. С. Пушкин гьавураб къо букӏиналъ. Кӏодо гьабизе байбихьана 2010 соналдаса нахъе.\n* * *\nЛайлатул къадриялъул сордо\nЛайлатул къадри ккола Къуръаналда жиндир хиралъи рехсараб сордо. Лайлатул къадриялъул хӏакъалъулъ Къуръаналда абулеб буго гьеб сордоялъ гьабураб гӏибадат азарго моцӏалъ гьабуралдасаги хирияб бугилан. Гьеб сордоялъ зодоса ракьалде рещтӏунила малаикзаби, ва гьезул гӏемерлъиялъ ракьалда рукӏкӏен бортизе бакӏцин букӏунарилан. Лайлатул къадрийин абураб мехалда, цо-цоязда ракӏалде ккола гьеб сордоялъ хасал гӏаламатал жидеда рихьизе кколел гӏадин. Гьел рихьулел вализаби рукӏуна, амма нилъер мурад гьеб гуро, мурад буго гьабулеб гӏибадат-гӏамал бацӏцӏадго гьаби. Щиб нилъеца гьараниги гьеб сордоялъ, гьарараб къабуллъула ва чанго соналъ гьабураб гӏибадаталдасаги даража цӏикӏкӏуна. Гьедин бугелъул, лъикӏаб буго гьеб сордо гӏибадаталда тӏамизе.\n* * *\nРоссиялъул къо\n12 июналда кӏодо гьабулеб гьеб къо рикӏкӏуна Россиялъул халкъазул эркенлъиялъул ва миллияб цолъиялъул ракълилаб байрамлъун.\n* * *\nКӏалбиччанкъо\nГьеб къоялъ бусурбабаз гӏидалъул как бала ва байрам цоцазда баркизеги кӏал къабуллъагиян гьаризеги цоцазухъе уна. Хасго уна унтаразухъе, загӏипазухъе ва херазухъе, гьединазе гьабула кумек, хасго мискин-пакъиразе, бесдалазе кьола садакъа. Гьединго, лъикӏаб буго гӏага-божаразул, вализабазул хабазде зиярат гьабизеги. Лъимал-хъизан рохизарила, тавбу гьабила, рамазан моцӏалъул адаб теялдаса ва ккарал мунагьаздаса ракӏбухӏун. Лъикӏаб буго гьеб къоялъ цӏияб ретӏел ретӏине, ай, черхги чурун, рукъ-бакӏги бацӏцӏун, кӏванагӏан рацӏцӏалъи гьабизе. Гьединго кӏвар кьезе ккола закагӏат-сахӏ бахъиялдеги. Гьеб кьезе бегьула гӏидалъул къо бачӏиналдегоги.\n* * *\nНургэнэк. Цӏияб сон\n20-21 июналда цӏияб сон кӏодо гьабула Камчатск краялда. Эвеназул календаралда рекъон, сардилъ дандчӏвай гьабула цӏияб бакъалда.\n* * *\nРакӏалдещвеялъул ва пашманлъиялъул къо\n1941 соналъул 22 июналда байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Гьеб къоялъ цоги нухалда ракӏалдещвезарула рагъул кьогӏал дарсалги нилъер улкаялъул бахӏарчияб тарихги.\n* * *\nРоссиялъул гӏолилазул къо\n27 июналда кӏодо гьабулеб гьеб байрам ккола бищунго гӏолохъанаб. Гьеб къоялъ Россиялда киса-кирего тӏоритӏула байрамалъулал тадбирал, батӏи-батӏиял къецал, хӏаял, концертал. Байрам кӏодо гьабулеб буго 1993 соналдаса нахъе.\nХӏадур гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ."}
{"slug": "1817-khalk-azda-gorkoseb-ekonomikiyab-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1817-khalk-azda-gorkoseb-ekonomikiyab-forum", "title": "Халкъазда гьоркьосеб экономикияб форум", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъаялда ва махщалида бараб\nАслияб куцалда бицана тӏадегӏанал технологиял хӏалтӏизариялъул, демографиялъул, экологиялъул, финансазул, инвестициязул хӏакъалъулъ\nДагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевги гӏахьаллъана Петербургалда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалъул Россиялъул президент Владимир Путиницаги гӏахьаллъи гьабураб пленарнияб данделъиялда. Исана форумалъул аслияб темалъун букӏана «Божилъиялъул экономика гӏуцӏи» абураб. Гьенир тӏоритӏана дунялалъулго экономика цебетӏеялъе ругел ресазул, шартӏазул ва нухазул хӏакъалъулъ бицунел дандеруссинал, рукӏана бахӏсал, бизнес-диалогал.\nДанделъиялда кӏалъарав Россиялъул президент Владимир Путиница кӏвар кьуна дунялалъулго экономика цебетӏей жакъа гӏадамазул лъаялда ва махщалида бараб букӏиналде:\n— Гьадинал гара-чӏвариял ва дандчӏваял жакъа цӏакъго хӏажат руго нилъее. Жакъасеб гӏумруялъ тӏалаб гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел экономикиял, политикиял, дармилал бухьенал щула гьари. Гьеб ккола миллатазул цебетӏейги. Россиялъул цӏигӏуцӏараб хӏукуматалъ байбихьун буго церетӏеялъулал цӏиял миллиял проектал ва программаби гӏуцӏизе ва гьел гӏумруялде рахъинариялъе жакъасел тӏалабазде дандекколел нухал ратизеги, — ян абуна гьес.\nФорумалда кӏалъана Франциялъул президент Эммануэль Макрон, Япониялъул премьер-министр Синдзо Абэ, Китаялъул Халкъияб Республикаялъул председателасул заместитель Ван Цишань, Халкъазда гьоркьосеб валютаялъулаб фондалъул директор Кристин Лагард. Гьениб бицана дармил, тӏадегӏанал технологиял хӏалтӏизариялъул, демографиялъул, экологиялъул, финансазул, инвестициязул хӏакъалъулъ.\nФорумалда Владимир Васильев, ДРялъул экономикияб ва территориалияб цебетӏеялъул министр Гӏусман Хасбулатов, гьесул гӏакълучи Игорь Губайдуллин, АСИялъул генералияв директорасул заместитель Игорь Кустарин, АСИялъул генералияв директорасул гӏакълучи Анвар Хӏажиев, ДРялъул бетӏерасул гӏакълучӏужу Галина Емельянова дандчӏвана «Цӏиял проектал церетӏезариялъул агентство» АНОялъул генералияй директор Светлана Чупшевагун. Гьез гъолбасана цо-цо къотӏи-къаязда гъоркь. Масала, росдал магӏишаталъул нигӏматазул «мобилияб рынок» гӏуцӏиялда, агротуризм цебетӏезабиялда, электронияб цадахъ рекъон хӏалтӏиялде рачӏиналда.\nГьединго гьениб бицана медицинаялъулгун социалиял центразда рукӏа-рахъиналъул хъулухъазул централ гӏуцӏизе ккеялъулги, сакъатал лъималазул профессионалияб хӏадурлъиялде кӏвар кьолел централ рагьиялъулги, предпринимателазе шартӏал чӏезариялъулги, бизнесалъулги, социалиял проектазулги хӏакъалъулъ."}
{"slug": "1820-redaktsiyalde-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1820-redaktsiyalde-kag-at", "title": "Редакциялде кагъат", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Инвалидлъи гьабизе бегьулищ?\nЦояз бегьулин, цогидаз бегьуларин абулелъул,\nбокьилаан мухӏканлъи лъазе\nХӏурматияб редакция, дун ккола 40-йилъе рахарав чи. Бицинегӏанасеб унтиги дир чорхолъ гьечӏо, кӏола бокьарав хӏалтӏи гьабизеги. Амма цоккураб хӏалтӏи гьечӏолъиялъ гӏемераб гӏакъуба бихьула, магӏишат гьабулаго, хъизан-лъимал хьихьизе кколелъул, рес кканщинахъе Россиялъул цогидал регионазде уна бакӏал раялда хӏалтӏизе. Гьенисаги кидаго гуро нухбитӏун тӏадвуссунев: цо соналъ лъикӏ ккани, хадуселъ чӏового вуссуна. Гьединлъидал дие бокьун буго, ришватги кьун, инвалидлъи гьабизе. Гьеб бугелъулха щибаб моцӏалъ, дагьаб бугониги, рокъобе гӏарац бачӏунеб нух. Законалда рекъон гьеб иш гьабизе дир ихтияр гьечӏолъи лъала, амма, законалъ ихтияр кьоларинги абун, гьединал жал гьаричӏого нилъ тӏураларо. Кин бугониги, лъазе бокьилаан, сахав чияс инвалидлъиги гьабун, хӏукумат махсараде кквеялда шаргӏалъ щиб абулебали. Гьеб бегьуларин абулелги руго, амма изну кьолелги дандчӏвана. Бокьилаан мухӏканлъи лъазе. Гӏайиб гьабуге, цӏар хъвачӏого толеб буго.\nГьадинабго суалалъе жаваб кьолаго, Унсоколо районалъул имамасул заместитель Хӏабиб Гӏисаевас хъвалеб буго: «Аллагьас инсан вижана ва гьесде амруги гьабуна Жиндие лагълъи гьабейин, хӏалалаб ризкъиги кванан. Хӏакъаб жо, азарго нухалъ какичуриялда квен гьабуниги, хъубаб жо бацӏцӏалъуларо. Гьединабго хъубаб жо буго бикъун, риба гьабун, ришват кьун, яги гьереси бицун щвараб боцӏи. Цо-цояз абула, гьеб гӏарцул бетӏергьаби купруялда ругин ва пенсия-инвалидлъиги гьабула, гьезда тӏад налог лъолеб бугинги абун. Тӏоцебесеб иргаялда, балагьеха налог лъица лъида тӏад лъолеб бугебали? Хадубги, налог лъезе ккани, нилъер ватӏан Дарулхӏарбийищ (имамас рагъ лъазабураб) яги Даруссаламищ (ракълилаб) кколеб? Жиндие къваригӏараб мехалъ, рагъ лъазабун, къваригӏинчӏеб мехалъ, рекъел гьабун, гьединищ гъазаватал гьарулел рукӏарал исламалъул церехъабаз? Дунялалъулго гӏалимзабазул хӏукму буго Дагъистан ракълилаб бакӏ бугин абураб. Гьелде тӏадеги, капурзабазул боцӏи, гьересиги бицун, гьезухъа босизе бегьунгутӏиялъе ва гьезулгун лъикӏаб гьоркьоблъи гьабизе ккеялде Бичасул аварагас рихьизарурал мисалалги гӏезегӏан руго.\nЦо нухалда, Бичасул Авараг Мадинаялъул базаралдасан унаго, бичулеб ролъулъ квер къазабула гьес ва ролъ жаниса биччун батула. Гьаб щибилан цӏехедал, вичарухъанас абула, цӏадги бан, биччанилан абун. Биччараб рахъ тӏаде щайха гьабичӏебин абула Аварагас ва тӏадеги жубала, гӏадамал гуккулев нилъер чи гурин. Базар буго бусурбабиги капурзабиги рачӏунеб бакӏ. Амма гьениб Аварагас абичӏо бусурбаби гуккугейин, капурзаби гуккейин. Гьединго гьересиял документалги гьарун боцӏи тӏалаб гьабулев чи махӏрумлъула кӏудияб ажру-кириялдасаги. Исламалда рекъон, хъизан-лъималазе напакъа балагьизе вахъарав чиясе букӏунелъулха кӏудияб кири.\nЦо нухалда Бичасул Авараг асхӏабзабигун цадахъ унев вукӏун вуго Мадинаялъул къватӏахъан. Заманалдасан гьезда вихьула кӏудияб къаркъалаялъул гӏолохъанчи ва гьеб мехалда асхӏабзабаз абула гъазаваталде вачине гӏадав чи вихьулин гьадавилан. Гьеб рагӏарав Аварагас абула гьедин абугейин. Гьев жиндирго хъизан-лъималазе квен балагьизе, эбел-инсул мурад тӏубазе, жиндиего ризкъи тӏалаб гьабун къватӏиве вахъун ватани, гьев Алллагьасул нухда вугев чи вугин. Гьеле гьединаб кириги нахъчӏван, нилъеца нилъеего бокьун босулеб буго гӏакъуба-гӏазаб. Бусурманчиясда лъазе ккола Аварагас бицараб хӏадисги: «Тӏадегӏанав Аллагьас нужеда гьоркьор тӏабигӏатал рикьун руго ризкъи бикьун бугебго гӏадин. Тӏадегӏанав Аллагьас дунял кьола Жиндие вокьарасеги вокьичӏесеги, дин кьола гӏицӏго Жиндие вокьарасе. Дир напс кодоб бугев, Аллагьасхӏаги, лагъас ислам къабул гьабуларо гьесул ракӏги черхги мукӏурлъизегӏан, иманги лъоларо, гьесул мадугьал гьес гуккиялдасаги зулмуялдасаги божаравлъун вукӏинегӏан. Лагъас хӏарамалдалъун тӏалаб гьабураб боцӏи гьес напакъаде кьуни, гьелда баракат лъоларо, садакъаде кьуни, гьеб садакъа къабулги гьабуларо. Гьес гьеб нахъе цӏуниялдалъун гьев жужахӏалде цӏикӏкӏун гӏагарги гьавизе вуго. Тӏадегӏанав Аллагьас квешлъи квешлъиялдалъун, хъублъи хъублъиялдалъун бацӏцӏунаро, кинниги лъикӏлъиялдалъун квешлъи бацӏцӏуна» (Ахӏмад)."}
{"slug": "1821-zurmikh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1821-zurmikh-an", "title": "Зурмихъан", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Зурма музеялда лъезе гӏедегӏизе бегьиларо\nнилъер умумузе, заманаялъниги жидерго язихълъи кӏоченабизе кумек гьабулаан батӏи-батӏиял сухӏматазда зурма-къолоцаги, пандрида ахӏулел кучӏдузги, чагъанаялда рачунел бакъназги. Зурмайин абуни букӏана аслияб алатлъун. Зурми-хъанги вукӏана щибаб росулъ гьечӏого гӏоларев гьунарчи. Гьидерица жакъаги хӏурматалда ракӏалдещвезарула зурмихъаби: Тӏидиса Дубухазул Мухӏамад, Мачӏадаса Кӏумело, Гьентӏаса Мухуласул Мухӏамад (Мухуло). Масала, Мухуло вукӏана Цӏоралдаги цӏар рагӏарав зурмихъан. Абулаан Дагъистаналда гьесулъе вахарав зурмихъан гьечӏинги. 1939 соналда, республикаялъул гьунарчагӏазул къокъаялда цадахъ, Мухулоца гӏахьаллъи гьабуна Москваялда тӏобитӏараб Дагъистаналъул литератураялъул ва искусствоялъул къоязул байрамалдаги.\nАхирал соназда кьучӏдасанго хисана нилъер гӏумру, ракӏгъеялъе инсанас батӏи-батӏиял ресал ва алатал ургъун руго. Гӏолилаз жакъа зурма рикӏкӏунаро, гьелъул панаял бакъназ гьезие асарги гьабуларо. Гьеб иш гӏезегӏан квеш бугин рикӏкӏунелги гӏемер руго, масала, Мачӏадаса Ачилаев Мухӏамад. Гьев вуго Бетӏергьанас гьунар кьурав чи. Гьес «гӏодизабулареб» бакъназул алат гьечӏин абизе бегьула.\nМухӏамад Ачилаев хӏалтӏана Чирюрталъул\nГЭСалда мотористлъун, Махӏачхъалаялъул чед бежулеб заводалда цӏулал устарлъун, энергетиказул клубалда, культураялъул, спорталъул ва гӏолилазул кӏалгӏаялда. Кив хӏалтӏаниги, щиб ишалда вугониги, Мухӏамадица зурма бачин рехун течӏо, рохалилал тадбирал тӏоритӏизе гӏадамазе кумек гьабуна, гьабулебги буго. Жакъаги Мухӏамадица жиндего тӏаде босула районалда тӏоритӏулел гьединал тадбиразда зурма пуялъул иш. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехунги.\n— Мухӏамад, цо-цояз абула жакъа зурмаялъе мустахӏикъаб бакӏ музей бугилан. Хӏажат бугищ жакъа нилъее зурма?\n— Зурма музеялда лъезе гӏедегӏуге. Эстрада бугониги, зурма, къали, пандур, чагъана гӏадал алатал рокьулел гӏадамалги гӏезегӏан хутӏун руго. Машгьурал кочӏохъабаз ахӏулел кучӏдузул бакъназда гьоркьоб бугеб дир зурмил гьаркьица гугьар базабула бакъаналда.\n— Жакъа Гьидалъ мун гурев цоги зурмихъан хутӏун вугищ, гӏолилазул гьечӏищ зурма бачине ругьунлъулев чиго?\n— Гьеб буго бищунго дир ракӏунтараб суал. Дун гьитӏинаб мехалъ щибаб росулъ вукӏунаан лъабго-ункъониги зурмихъан. Жакъа гьидерил росабалъ щиб гурин, районалдаго хутӏун вуго лъабго зурмихъан: Къелев — Исмагӏилил Мухӏамад ва Хӏажиев Мухӏамадтӏагьир, Дагъбашалда — Асхӏаб, Гьоорив — Хирасула, Хучада — Пазлудин, Гьентӏа — Хӏусенил Мухӏамад, Мачӏада — дунги. Гьезул гӏемериселги гӏатӏиракьалда руго. Дица цебегоялдаса абулеб буго районалда ругел искусствоялъул школазда лъималазда миллиял музыкалиял алатал рачине малъизе кколилан. Пайда щиб, гьелде кӏвар кьолев чи гьечӏо.\nШколалда цӏалулев цо вас зурма бачине ругьун гьавун вукӏана. Эбел-инсуца биччачӏеб къагӏида, гьесги гьеб рехун тана.\n— Зурмаялде рокьи дурго кин бижараб, гьелъие «гӏайибияв» щив?\n— Лъимерлъудаса нахъего дида цӏакъ берцин бихьулаан зурмил гьаракь. Мачӏадаса машгьурав зурми-\nхъан Махӏмутӏил Мухӏамадил (Кӏумело) зурмил гьаракь рагӏидал дир чорхолъ би гьелегьулаан, черхалда рас эхетулаан, хӏатӏал жалго кьурдизе лъугьунаан. Кӏумело ккола зурмихъ дир рокьи ккеялъе «гӏайибияв» чиги.\nБертабалъ, гваязда зурма бачине байбихьана 1964 соналдаса нахъе.\n— Магӏарул театралда щиб хъулу-хъалда мун хӏалтӏарав?\n— Байбихьана хъумуз бачиналдаса, «Рокьул сухъмахъ» ва «Аманат» абулел спектаклязда зурмаги бачунаан, «Хваразул цӏаралдасан» абулеб спектаклялда хӏана асир гьавурав рагъухъанасул роль, гӏахьаллъана театралиял массовкабазда…\n— Жакъа щиб хӏалтӏудаха вугев?\n— Дун ккола гӏагараб росдал ясли-ахалъул музыкант. Школалда кечӏ ахӏиялъул дарсазде ун, лъималазда цо-цо алатазда бакънал рачинеги малъула. Районалъул художествияб коллективгун цадахъ гӏахьаллъула батӏи-батӏиял конкурсазда, байрамазда, щола гӏухьбузухъе хъутабазде.\n— Зурма гуреб цоги кинаб алат бачине дур махщел бугеб?\n— Дагъистаналда гьечӏо дица квегъичӏеб цониги миллияб алат. Машгьурал кочӏохъабазе дица бакънал рачана мандолинаялда, тӏамуралда, чагъанаялда, хъумузалда, балалайкаялда, киманчаялда… Бокьараб бакъназул алат дица кӏиго-лъабго къоялда жаниб мукӏур гьабула. Нижер росулъа вукӏана республикаялдаго цӏар рагӏарав филармониялъул ва Магӏарул театралъул бакъанчи Мухӏамад Гӏабдулаев (Уди Мухӏамад). Гьес «гӏодизабулеб» хъумуз бихьидал, дида дунял кӏочана ва дун гьедана гьелда жеги берцинго бакънал рачине ругьунлъизе.\nМутай Хадулаевасде щварав чагъаначи Дагъистаналда гьечӏо, гьес бижизабуна дилъ чагъанаялде рокьи. Заман иналдего, дица гьеб бачунеб бихьидал, Мутайица дие жиндирго чагъанаги сайгъат гьабуна.\n— Мухӏамад, гьел алатал гьаризего хӏалбихьанищ дуца?\n— Дир квераз гьаруна гӏемерал зурмабиги пандуралги, дица гьел ричуларо, гьудул-гьалмагълъиялъе сайгъаталъе кьола.\n— Гӏумруялъго гьеб ишалда вугев мун, хӏукуматалъ гӏемерал шапакъатал кьун, кӏодо гьавунги ватила…\n— Дагьаб цебегӏан дие щвана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул хӏурматияв музыкант абун тӏад хъвараб грамота. Республикаялъул хӏукуматалда регун руго «ДРялъул мустахӏикъав музыкант» абулеб цӏар дие кьеялъе хӏажатал кагътал. Кватӏичӏого гьеб цӏар щвеялдеги хьул бугоха.\n15 июналда Ачилаев Мухӏамадица бала 67 сон. Гьавураб къоги баркун, «Хӏакъикъаталъул» коллективалъ гьесие жеги гӏемерал соназ гӏадамал рази гьаризе халатаб гӏумруги сахлъиги гьарула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1822-muzykaliyab-konkursalda-dag-istaniyaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1822-muzykaliyab-konkursalda-dag-istaniyaj", "title": "Музыкалияб конкурсалда — дагъистанияй", "date": "2018-06-04 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Финалалде йорчӏарай Элвираца кечӏ ахӏана Валерияда цадахъ\nНТВ каналалъ тӏобитӏулеб «Ты супер» абураб музыкалияб конкурсалда гӏахьаллъулей йикӏана Махӏачхъалаялдаса 13 сон барай Элвира Яхӏяеваги. 82 гӏахьалчиясда гьоркьоса Элвираеги рес щвана конкурсалъул финалалда гӏахьаллъизе. Гьелъие щвана ункъабилеб бакӏ.\nГьитӏинаб къоялдаса нахъе гьелъ гӏумру гьабулеб буго ункъгӏалалда цадахъ. Гьелда бихьана Элвирал бугеб пагьму ва гьелъ яс цӏализе кьуна музыкалияб школалде. Элвира гӏемер гӏахьалъулаан батӏи-батӏиял музыкалиял конкурсазда. Гьелъул анищ букӏана рехсараб конкурсалда гӏахьаллъизеги. Щуго моцӏалъ халккун букӏана россиялъулаз Элвирал ва цогидалги гӏахьалчагӏазул церерахъиназда хадуб.\nКонкурасалъул финал тӏобитӏана 26 маялда. Элвираца кечӏ ахӏана Россиялъул халкъияй артистка Валерияцагун цадахъ. Балугълъиялде рахинегӏан конкурсалъул финалистазе ва бащдаб финалалде рорчӏаразе «Ты супер» фондалъ кьезе буго стипендияги. Августалда гьел гӏахьаллъизе руго «Артекалда» букӏине бугеб концерталдаги.\nМахӏачхъала шагьаралъул\nадминистрациялъул\nпресс-хъулухъалъул управление"}
{"slug": "1864-khabar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1864-khabar", "title": "Хабар", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["deti"], "text": "Маккал\nАзбаралъул бакьулъ вахъунги чӏун, рукъалъул маккал роржине риччалев вукӏана Самад. Гьенивго туманкӏ бацӏцӏунев вукӏана кӏудада Патахӏги.\nБерцинго куркьбалги хьвагӏезарун, гьаваялда сверабиги рахъулаго, роржунел рукӏана маккал. Росдада тӏад тӏавап гьабулаго, гьел зодире рикӏкӏалъанагӏан гӏисинал жал хутӏулаан. Цинги, куркьбалги дандекъан, гӏодоре рортун рачӏунаан, зобалазул хъахӏилаб хӏоринир чверделел ругел гӏадин. Рукъзабазул тӏохазда тӏад хъвалалде, нахъеги гьаваялде унаан.\nКиналго маккалги роржине риччан, кӏудадада аскӏове вачӏана Самад.\n— Кӏудада, дир хъахӏаб миккиялъ цоги хоно гьабуна, — ян абуна гьес разиго.\n— Лъикӏ, дир вас, цӏакъго лъикӏаб тайпаялъул микки буго доб, — ан абуна кӏудадацаги.\nХӏакъикъаталдаги бищунго лъикӏаб тайпаялъул, тӏубанго хъахӏаб кьералъул миккиялъул бицунеб букӏана гьез.\n«Гьадаб кӏиябго ханилги тӏанчӏи рахъани, анлъго хъахӏаб микки гӏола дир, — ан пикру гьабулеб букӏана Самадица, жакъа хоно гьабураб миккиялда хадувги валагьун. – Додинал хъахӏал маккал къанагӏатги рукӏунаро».\nЦогидал макказдаго цадахъ берда бихьулареб борхалъуде бахунеб букӏана хъахӏаб миккиги. Цойидасан макказул тӏелалдасаги батӏалъун, жегиги эхеде боржине лъугьана гьеб.\nКӏудадаги Самадги лъикӏалан мехалъ хутӏана гьаваялда гьайбатго боржанхъилеб бугеб хъахӏаб миккиялда хадур ралагьун.\nЦо заманалдасан макказул тӏелалда гьоркьоб цо кинабалиго рихха-хочи лъугьана. Гьури гӏадин роржун рачӏунел рукӏана гьел. Щибдай ккарабилан рукӏана кӏудадаги васги. Щобда нахъасан боржун бачӏунеб хъарчигъа речӏчӏун букӏун буго макказул тӏелалда гъорлъ.\nМаккал тӏурун рорчӏидал, хъахӏаб миккиялде чан гьабизе лъугьана гьеб. Гьелдаса борчӏизе хӏаракат бахъулеб бугоан миккиялъги. Гьебгун басандулеб бугеб кинигин, дагь-дагьккун гӏагарлъулеб букӏана хъарчигъа. Цинги цо параялда жаниб миккиялда тӏад речӏчӏана гьеб.\n— Кӏудада! Кӏудада! – ян гьаракь гьабуна Самадица. Амма кӏудада жиндаго аскӏов ватичӏо гьесда. Ццидалъ заралги хьвагӏулаго, ахӏделев вукӏана Самад хъарчигъаялде. Гьебсагӏат туманкӏ кьвагьулеб гьаракь бахъана. Миккиги хъарчигъаги – кӏиябго цадахъ бортун бачӏана Рукъият-кӏодол азбаралде. Пиригӏан хехго векерана гьениве Самад.\nХъарчигъаялда аскӏоб гӏодоб ккун бугоан хъахӏаб микки. Кваркьи лъукъун бугоан гьелъул. Хъарчигъа багъарулебцин букӏинчӏо. Рокьукъго хъарчигъаялъухъги валагьун, бигьагьабун кодобе босана Самадица микки.\nГӏабдул Ражабов"}
{"slug": "1865-rikhize-rokula-l-ikial-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1865-rikhize-rokula-l-ikial-giadamal", "title": "Рихьизе рокьула лъикӏал гӏадамал", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Хехаб кумек» хехго щола\nЖамгӏияб транспорталда хӏалтӏулев кутакалда сабур бугев чи вукӏине ккола\nМахӏачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъул №2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас бицана автобусалъул шоферзабилъун гаражалда хӏалтӏулев вугила лъабго вац: Гӏалиасхӏаб, Зайирбег ва Ахӏмадрасул Мухӏумаевал. Гьел ругила лъайги махщелги бугел, хьвада-чӏвадиги берцинал, абухъего, унго-унгоял магӏарулал. Коллективалъги кутакалда адаб гьабула гьезул, Ахӏмадрасулида тӏокӏцӏарцин лъун бугила «хехаб кумек» абураб.\nМахӏачхъалаялъул № 17 ПТУялдаги цӏалун, Хунзахъ районалъул Гьамуши росулъа Ахӏмадрасулие щвана штукатур-малярасул махщел. Хадув цӏалана шоферлъун ва 1995 соналаса нахъе вуго гьев автобусалъул рулалда нахъа. Чанго соналъ хӏалтӏана автобусалда, Москваялдаги. Гьес бицана Москваялда шоферасе лъикӏаб харж щолаанила, амма гьеб баракат гьечӏеб букӏанила.\nЖакъа Махӏачхъалаялда хӏалтӏулаго балеб лъабго соналда жаниб Ахӏмадрасулил автобусалъ нахъа тун буго 250 азарго километр. Гьебгощинаб заманалда жаниб гьес бачунеб автобусалъул цониги алатцин хисизе ккун гьечӏо. Гьелъие бугеб гӏиллаги ккола «айгъир», жиндирго гӏадин, цӏунулеб ва щибаб къоялъ гьелъие хъулухъ гьабулеб букӏин.\nГаражалда бищун лъикӏав шофер хӏисабалда, Мухӏумаевасухъе рачӏуна гӏолохъанал шоферзабиги. Гьезда гьес бичӏчӏизабула кӏудияб хехлъиялда машина бачин ва сверабазда гӏадлу хвезаби авариял ккеялъе аслияб гӏилла букӏин. Малъула жамгӏиял автобусазда нусго батӏияб гӏамал-хасияталъул чагӏи рекӏунеблъи ва гьезулгун сабуралда, адабалда хӏалрекъезабизе кколеблъи.\n«Москваялда дандеккун, Махӏачхъалаялда хӏалтӏизе шоферасе цӏакъ захӏмат буго. Нухазда доба гӏадинаб гӏадлу гьаниб гьечӏо, нилъер гӏадамалги руго тӏасанккарал, чӏухӏарал ва пахруял. Гьелъин республикаялда гӏемерал авариялги кколел. Масала, Москваялда жамгӏияб транспорталъ «свери босулеб бугин» абун чирахъ паркъезабуни, шоферзабаз машинаби лъалхъизарула ва автобусалъе нух кьола. Нилъеразин абуни, чирахъ паркъелеб букӏайилан тола», — ян бицана Ахӏмадрасулица. Гьев вуго хӏалтӏи гьечӏого чӏезе кӏоларев чиги. Гьелъги батила, шоферасул хӏалтӏудаса эркенал къояз гьес, гъираялда ва гӏадамал разияб хӏалалда гьабула штукатурлъиялъул ва малярлъиялъул хӏалтӏаби.\nАхӏмадрасулил буго захӏмат бокьулеб хъизанги. Гьес лъикӏаб тарбия кьун гӏезаруна кӏиго васги цо ясги.\nКиве аниги нух битӏун вуссагиха, Ахӏмадрасул. Мун гӏадинал гӏадамаз бугин Дагъистан берцин гьабун, баркала дуе ракӏбацӏцӏадаб захӏматалъухъ."}
{"slug": "1866-tianusisa-khurisa-gialil-shamil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1866-tianusisa-khurisa-gialil-shamil", "title": "Тӏанусиса Хуриса Гӏалил Шамил", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["insan"], "text": "Тӏадегӏанлъанагӏан гьитӏинлъарав, гьитӏинлъанагӏан тӏадегӏанлъарав — гьеле гьединав вуго гӏелмуялда жиндирго хасаб лъалкӏ толеб бугев гӏалимчи\nХунздерил тӏалъуда Тӏануси росу. Гӏакъилзабазги, гӏалимзабазги, спортсменазги, лъикӏал гӏадамазги машгьур гьабураб росдал аслияб майданалда аскӏоб буго гӏадатияб мина. Гьеб буго Шамил Гӏалиев жанив гьавураб Хуриса Гӏалил мина. Гьениб 75 соналъ цебелъураб цӏар гьанже зобалазда буго. Гьелъие кьун буго Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик Шамил Гӏалиевасул цӏар. Гӏадатияб магӏарул росулъ бугеб гӏадатиябго минаялъ роржен кьураб гьеб цӏваялъе бигьаяб букӏинчӏо жакъа жиб бугеб тӏадегӏанлъиялдаги борхалъиялдаги гвангъизе.\nЛъимерлъиялъул лъалкӏал\nГӏемер щола Шамил гӏагараб росулъе. Лъимерлъиялъул лъалкӏаз талихӏалъул мугьру чӏвала гьесул ракӏалдещвеязда:\n— Гьале инсул мина. Гьаниб кӏибикӏана гьасие тӏоцебе кини, гьаниб рагӏана гьасда эбелалъул хӏасратаб кинидахъ кечӏ. Гьаниб гъасда бакараб цӏадул хӏенхӏаз къалъизаруна вукӏинесев машгьурав гӏалимчиясул сухъмахъалги шагьрабиги. Гьанир кӏудиял гӏуна Хуриса Гӏалил микьабго лъимер: щуго васги лъабго ясги.\nГьаб минаялъул гъанситохъ чанги талихӏал лахӏзатал ратана Шамилида. Кӏудияб хъизамалъул кӏиабилеб лъимер, Шамилида ракӏалдецин кколеб букӏун батиларо гӏадатияв магӏаруласул васас тӏадегӏанал гӏелмиял рорхалъаби мукӏур гьаризе ругин. Гьеле гьеб минаялъул гъасда бакараб цӏадухъ чанги цадахъ бакӏарун батила талихӏалъул цӏураб хъизан. Ботӏрол расазда саву ккараб гӏужалдаги, гьесда цебеса унеб батиларо инсул минаялъ, кверги ккун, талихӏалде данде живго нухарегӏараб къо. Киса-кирего — лъимерлъиялъул лъалкӏал, талихӏалъул лахӏзатал.\nГӏелмияб борхалъи\nШамил Гӏалиевасул хӏакъалъулъ рагӏичӏев магӏарулав къанагӏатги ватиларо. Щивха гьев кколев? Техникиял гӏелмабазул доктор, РСФСРалъул гӏелмуялъул ва техникаялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Келдышил, Циалковскиясул, Барминил меседил медалазул лауреат. Щвана гьесие «ДРялда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденги. Торпедаялъулаб яргъил хӏакъалъулъ энциклопедия хъварав гӏалимчи, гӏемерал фундаменталиял цӏех-рехазул автор. Россиялъул гӏелму цебетӏезабиялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ гьесие кьуна Петр Тӏоцевесесул орденги.\n2009 соналъул анлъабилеб августалда Шамил Гӏалиевасул цӏар кьуна цо планетаялъеги.\n«Дагъдизель» заводалъул генералияв конструктор, РФялъул Пачалихъияб премиялъул лауреат. Гьесул хӏурматалда тӏоритӏула Халкъазда гьоркьосел гӏелмиял конференциялги. Масала, 2017 соналъул 9-11 октябралда Санкт-Петербургалда ралъдалгун техникияб университеталда тӏобитӏана гӏалимчиясе сайгъат гьабураб конференция. Гьанжеги гӏемер щола Шамил Гӏалиев живго цӏалараб гьеб университеталде. Дандчӏвала студенталгун, цӏалула гьезие лекциял, гара-чӏварула гьелгун, бицуна гӏумруялъул ва талихӏалъул хӏакъалъулъ. Гӏалимчиясулгун рукӏунел гара-чӏварияз жидеего гьабулеб асаралъул хӏакъалъулъ студентазги преподавателазги хъвала университеталда къватӏибе биччалеб газеталда.\nШамил Гӏалиевасул лекциязул пайдаялъулги кӏваралъулги бицунаго, Денис Корниловас хъвалеб буго гьесул гӏакъилаб каламалъул хӏакъалъулъ.\nШамил Гӏалиевасул\nгӏумруялъул дарсал\n1) Дие бокьун буго щивав чиясда бичӏчӏизе ва лъазе жинцаго гьабулеб бугеб иш щай къваригӏун бугебали. Бокьун буго нужедаги бичӏчӏизе, гьеб кинабго бичӏчӏун хадуб, рекӏелъ рещтӏунеб рохалил асар — дуцаго дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.\n2) Дуда цо щиб бугониги лъалеб ва дуца гьелъул хӏакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичӏчӏулеб бугони, гьелъул магӏна ккола гьеб дудаги бичӏчӏулеб бугин абураб.\n3) Гӏурус рагӏабазул лъабго «в»- вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухӏияб хӏаракатчилъиялъул аслулъун.\n4) Ракьалда гӏемерал санал ранагӏан, дие рокьулел руго лъималги херал чагӏиги. Гьанже цӏикӏкӏун хараби рокьула.\n5) Инсан киданиги вукӏунаро жиндиего бокьараб хӏалалда талихӏавлъунги жинцаго рикӏкӏунев гӏадав талихӏкъаравлъунги.\n6) Кибго, кидаго, бокьараб заманалда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.\n7) Гӏелмуялъул тарихалда бищунго кӏвар бугеблъун ккола пикраби церетӏеялъул тарих. Пикрабазул гӏелги заманги букӏунаро.\n8) Студентазда, аспирантазда, ай гӏелмуялда тӏадчӏаразда киданиги ракӏалде ккезе бегьуларо кигӏан кӏудияб машгьурлъиялъул гӏалимчиги жидедаса тӏадегӏанав вугилан.\n9) Щиб жо кколеб талихӏ? Талихӏ ккола киналдего нилъ хӏадурго рукӏин.\n10) Цӏалдохъабигун, студенталгун дандчӏвазе унелъул, дун рахӏатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутӏула. Ракӏчӏун нилъеда лъаларел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичӏчӏулебги гьечӏони, щиб нилъее къваригӏун бугебали.\nГӏалимчиясул рухӏияб дунял\nШамилица цӏакъ кӏудияб адаб гьабула магӏарул мацӏалъулги, гӏадатазулги, гӏамалазулги, маданияталъулги, адабияталъулги. Рухӏдаллъизе бачӏуна гьесда магӏарулги, гӏурусги, дунялалъулги адабияталъул классиказул кучӏдул цӏалулелъулги цӏаларалъул хӏакъалъулъ жиндирго пикраби загьир гьарулагоги. Дол рукӏана гӏурусазул шагӏир Евгений Евтушенко гӏумруялдаса ватӏалъарал къоял. Иргадулаб нухалда гьоболлъухъе щварай дие гьес цӏалана Евтушенкол кучӏдул, бицана шагӏирасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Гьеб къоялъ цӏалана гьес Расулил, Махӏмудил кучӏдулги.\nКъолохъанлъиялъеги бергьараб махщел буго гӏалимчиясул. Гьес къали кьабулелъул, кигӏан кьурдизе лъаларесулги къасд ккола горсверулъе кӏанцӏизе. Гьабсагӏаталда къанагӏат ратула зурмида рачунел умумузул бакъназда рекъон, кьурдулелъул, хӏетӏе бахъизе бажарулев чи. Амма Шамил гьел бакъназухъе кьурдулелъул, цебе бачӏуна гӏагараб Тӏануси росулъ лъимерлъуда ва гӏолиллъуда дунго уней йикӏарал бертаби. Хӏункъбузул сипаталда роржунел гӏолил ясалги, цӏумазул сипаталда — гӏолил васалги. Цинги — кьурдизе бугеб кӏудияб гӏишкъуялъ, яхъине гьайилародайилан, цересел кьеразда гӏодой чӏарай дунгоги. Гьединал ракӏалдещвеяз куркьбал гъола дида, Шамил Гӏалиев кьурдул сверуда вихьидал.\nГӏамалалъул рахъ босани, гьев вуго цӏакъго гӏадатияв инсан. Гьелъго батила гьев тӏадегӏанлъаравги гӏадамазе кӏодолъаравги.\nТӏадегӏанлъанагӏан гьитӏинлъарав, гьитӏинлъанагӏан тӏадегӏанлъарав — гьеле гьединав вуго гӏелмуялда жиндирго хасаб лъалкӏ толеб бугев Тӏанусиса Хуриса Гӏалил Шамил.\nПикраби. Пикраби. Пикраби…\nМахӏачхъалаялъул аслияб майдан. Шагьаралъул администрациялъул мина. Анлъабилеб тӏала. Къаси нахъалъизегӏан чирахъ сунаро Шамил Гӏалиевасул кабинеталъуб. Гӏалимчиясул гьитӏинабго «рукъ». Къадада бараб доска. Доскаялда хъвараб бичӏчӏизе захӏматаб хӏисаб. Стол цӏурал тӏахьал. Тӏахьаз сверун ккурав гӏалимчи…\nГьев хӏадурлъулев вуго гьалбадерилгун букӏине бугеб иргадулаб дандчӏваялде. Гьалбалин абуни, гьесухъе хӏалтӏуде къойилго гӏадин рачӏуна. Ракӏалдещвана Хунзахъ районалъул цӏалдохъабазулгун гьесул букӏараб дандчӏвай ва гьес лъималазе кьураб цо суалги.\n— Лъимал, лъида лъалел магӏарухъ гӏалахалда рижулел тӏугьдузда цӏарал, — илан гьикъана Шамилица. Жаваб кьезе гьел кватӏидал, гьес жинцаго рехсана анцӏгониги тӏогьол цӏар. Гьеле гьединал, гӏадатиялин кколел, амма ургъизе тӏамулел суалал кьола гьес.\nЧуялги цӏакъго цӏакъ рокьула Шамилие. Гьезул бицунелъул, кӏалдибе гьоцӏо тӏинкӏараб хӏал букӏуна гьесул. Чу — гьеб ккола кутакалда чӏухӏараб, лъиениги бетӏер къулулареб ва хӏелулареб хӏайван. Гьелъги батила Шамилие гьеб бокьулебги.\nИсана 9 маялда Хунзахъ районалда, Гӏалагӏарт майданалда, Кӏудияб Бергьенлъиялъул къо кӏодо гьабулеб байрамалда чуялги риччана Шамил Гӏалиевасул призалъе гӏоло. Къецал гӏуцӏун рукӏана Ахӏмад Хӏусеновасул нухмалъиялда гъоркь, районалъул «Хунзахъ» жамгӏияталъ.\nШамил Гӏалиевас бана 75 сон. Гӏемерищ гьеб яги дагьищ? Лъаларо. Амма гьеб лъала гӏицӏго Тӏадегӏанасда.\nБиччанте гьеб букӏине Шамил Гӏалиевасул гӏелмуялъе кьолеб бугеб гӏумруялъул байбихьилъун.\nПикраби, пикраби, пикраби… Гьелин абуни, гӏемер руго гӏалимчиясул.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1867-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1867-bajram", "title": "Байрам", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъимал релъулел руго\nМахӏачхъалаялда тӏоритӏана байрамалъе сайгъат гьарурал тадбирал\nГьелъие байбихьи лъуна хъизамазул парадалъ ва гьеб байбихьана шагьаралъул аслияб майданалдаса Гӏурус театралде цере щвезегӏан. Лъималазда ва гьезул улбузда байрам баркана «Халкъияб фронт» гӏуцӏиялъул председатель Жамбулат Мухӏамадовас. Цинги байбихьана Махӏачхъала шагьаралъул музыкалиял ва искусствабазул школазул цӏалдохъабазул концерт.\nКонцерталъухъ халгьабун йигей дида ракӏалдещвана цо гьадинаб хӏужаги. Гъоркьиса миллияб библиотекаялда тӏобитӏулеб «Тарки-Тау» тӏахьазул выставкаялде рачӏун рукӏана Россиялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса хъвадарухъаби ва шагӏирзаби. Тӏахьазул конкурсалъул хӏасил гьабулаго, цо шагӏирас абуна (цӏар ракӏалда гьечӏо) жинда кколеб бугин гьаб выставка, Дагъистаналда гуреб, централияб Россиялда тӏобитӏулеб бугеб гӏадин. Гьес абуна миллаталги мацӏалги гӏемераб Дагъистаналда тӏобитӏулеб выставкаялда цӏакъ дагь гурони гьечӏин Дагъистаналъул миллиял мацӏазда хъварал тӏахьалин.\nГьединабго пикру гьабуна дицаги, концерталъул гӏахьалчагӏазухъ ялагьидал. Кинабго лъикӏ букӏана. Кучӏдул ахӏана, кьурдана. Миллиял кьурдабиги рукӏана. Амма кьурдабаз мацӏ малъуларо. Рагӏичӏо миллиял мацӏазда ахӏулел кучӏдул. Миллиял мацӏазда сверухъ ахӏвал-хӏал хӏалуцарал гьал къоязда гьелъ пашманаб асар гьабуна. Гӏурус мацӏалда кучӏдул ахӏаразухъа бажаризе букӏана миллиял мацӏаздаги ахӏун. Щай гьелде кӏвар кьолареб? Щай лъималазда бицунареб, бихьизабулареб гӏурус мацӏалдаго цадахъ жидерго миллиял мацӏазул берцинлъиги?\nТахшагьаралъул цӏалдохъабазул церерахъиналдаса хадуб байбихьана лъималазул художествияб творчествоялъул республикаялъулаб фестиваль. Гьенир гӏахьаллъана Лъаратӏа, Хунзахъ, Хасавюрт, Хъумторхъала, Кули, Нугъай ва цогидал районаздаса гӏисинал гьунарчагӏи. Дол пашманал пикраби хисана рохелалъ. Сценаялдаса рагӏулеб букӏана Дагъистаналъул миллиял мацӏазул чвахи.\nЛъималазда байрам баркана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас ва шагьаралъул бетӏерасул ишал тӏуралев Абусупян Хӏасановас.\nЛъималазеги улбузеги хӏухьбахъи гӏуцӏун букӏана Магӏарул театралда цебе, Родопалъул бульваралдаги. Спортивиял къецазги, музыкалиял церерахъиназги, цогидаб ихтилат-кепалъги — гьеб киналъго байрамалъул гӏахьалчагӏазе сайгъат гьарулел рукӏана лъимерлъиялъул талихӏал лахӏзатал.\nШамай Хъазанбиева\n***\nРохалие гӏорхъи букӏунаро\n1 июнь байрам хӏисабалда кӏодо гьабизе байбихьана 1950 соналдаса нахъе\nТӏолабго дунялалдаго гӏадин, гьеб къо Дагъистаналдаги кӏодо гьабула щибаб соналда ва тӏоритӏула батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, исана «Надежда» абураб реабилитациялъулаб централъул коллективалъ гьеб къоялъ гьенир сахгьарулел ругел лъималазе гӏуцӏун букӏана унго-унгояб байрам.\nЦентралъул лъималазда байрам баркизе гьезухъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана ДРялъул захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министрасул тӏоцевесев заместитель И. Зайналов ва ДРялъул тӏабигӏат цӏуниялъулгун экологиялъул министрасул заместитель Мария Гӏалиханова. Гьелъ централъе сайгъат гьабуна телевизорги ноутбукги.\nЛъикӏаб концертгун лъимал рохизаризе ва гьезда байрам баркизе рачӏун рукӏана Цӏияб Лак районалъул Гамиях ва Цӏияб Кули росабазул школазул кьурдухъаби, эстрадаялъул артистал Зумруд Мусаева ва Ислам Рамазанов. Байрамалъул хӏурматалда киналго лъималазе кьуна сайгъаталги.\nРеабилитациялъулаб централъул директор Мухӏамад Ибрагьимовас абуна жидер коллективалъул ва унтарал лъималазул улбузул рахъалдасан, газета гьоркьобккун, бокьилаанила баркала кьезе лъималазе сайгъаталгун рачӏарал Цӏияб Лак районалъул МФЦялъул директор Д. Султӏановасе, Махӏачхъала шагьаралъул Кировский районалъул МФЦялъул директор А. Къурбановасе ва тахшагьаралда бугеб лъималазул къайи бичулеб тукадул директор С. Гӏалиевасе, Каспийск шагьаралъул «Атмосфера» тукадул директор К. Жахаевасе.\nГьаб хирияб моцӏалъ гьабураб гьезул садакъа Аллагьас азариде бахинабеги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1868-magiarulal-giodobl-iyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1868-magiarulal-giodobl-iyalda", "title": "Магӏарулал гӏодоблъиялда", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Басриял свералабазул цӏиял масъалаби…\nЦӏияб Лак районалъул ункъо росулъ гӏумру гьабула микьазаргогӏанасев магӏаруласги\nДагъистан ва Чачан республикабазул гӏорхъода бугеб Цӏияб Лак районалъул анцӏго росулъа ункъоялда (Тухчар, Цӏияб Мелъелтӏа, Гамиях, Цӏияб Чуртах) гӏумру гьабун вуго микьазаргогӏанасев магӏарулавги. Цӏияб Мелъелтӏа росулъ киналго магӏарулал руго. Хутӏараб лъабго росулъ гӏумру гьабула лъабго миллаталъул гӏадамаз (магӏарулал, тумал, чачанал), администрациял цого ругониги, магӏарулазул гьел росабалъ руго жидерго бутӏаби — авалал. Гьаб сапаралда ниж щвана Тухчар, Цӏияб Чуртах росабалъе ва райцентралде (Цӏияб Лак). Тӏоцере ниж дандчӏвана районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул начальникасул заместитель — бетӏерав агроном, жамгӏияв хӏаракатчи Нурмухӏамад Нурмухӏамадовгун. Гьев ккола Цӏияб Чуртах росулъа. Гьес кьуна нижее районалда, магӏарулазул росабазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул рахъалъ гӏаммаб баян.\n— Цӏияб Лак ккола гӏезегӏан масъалаби церечӏараб район, абилин бигьаяб гуреб район. Гьаниса (доб мехалъ Гӏавухъ районалдаса) 1944 соналда чачанал гочинаруна ва гьезул ракьалде рахъинаруна тумал. 1957 соналда гьанирего гочинаруна Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъаги гӏадамал. Хадуб, Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул хӏасилалда, 1975 соналда гьанире гочинаруна гьебго районалъул Килалъ (гьел руго Цӏияб Чуртах) ва Цӏунди-Щабдухъ (гьел руго Гамияхъ росулъ) росабалъа ва Болъихъ районалъул Кӏижани (гьел руго Тухчар) росулъа гӏадамалги. Гочинабуна щибаб росулъа 150-200-гӏанасеб цӏараки. Нахъеги Гӏавухъ район гӏуцӏизе хӏукму гьабулеб заманалда (30-гӏан соналъ цебе), гьаниса тумал цӏияб ракьалде («Новострой») гочинарулелъул, нижеца — гьаниб гӏумру гьабулел магӏарулаз, борхана гьадинаб суал: кида букӏаниги, тумалго гӏадин, нижги ккезе бегьулин санагӏат гьечӏеб хӏалалде, нижги рачейин гьезие гӏуцӏараб гӏадинаб программаялде гьоркьоре, бихьизабейин ракьги, гочинарейин цогидаб бакӏалде абун. Республикаялъул бетӏерлъуда ругез къабул гьабичӏо гьеб пикру. Нижеда чӏванкъотӏун абуна гочинаризе ругин чачаназул минабахъ ругел тумал, нижерго ракьалда тӏад (нижер росу буго ччубуриялда, магӏарухъе – нахъе гӏи-боцӏи гочинабулеб букӏараб ракьалда), нужецаго рарал минабахъ ругел нуж гочинариялъул суал гьечӏин. Гьелда цадахъго тӏаде босун букӏана гьел росабазул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъе, гьенир лъикӏал шартӏал чӏезариялъе цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе. Гьелдалъун къан букӏана суалги. Гьабсагӏаталда лъицаниги, я пачалихъалъул идарабаз, я чачаназ, я тумаз абулеб гьечӏо гьаниса нахъе гочаян, гьеб рахъалъ щибниги къварилъи гьечӏо. Амма метер букӏинесеб нилъеда лъаларелъул, нижерги букӏине ккеларищ метер къоялда ракӏчӏей. Буго Гӏавухъ район гӏуцӏиялъул, тумал гочинариялъул программаби, бегьилищха нилъ, магӏарулал, гьоркьор хутӏизе? Буго гӏуцӏараб программаги, буго тумазул, чачаназул, магӏарулазул вакилзаби гьоркьоре рачараб (гьезда гьоркьов вуго дунги), Р. Жафаровас нухмалъи гьабулеб хӏукуматалъул комиссияги. Гьезда цебелъураб аслияб суал буго цо — тумал гочун хадуб гьанир хутӏулел магӏарулазул къисмат. Цӏияб Мелъелтӏа руго жидерго администрацияги, ракьалги, магӏишатги. Хутӏараб лъабго росдал гьеб кинабго гьечӏо. Нижеца суал цебелъолеб буго гьадин — гӏаммал администрациязулъ ругел магӏарул росабазе кье административияб статус, гьезда нахъ рихьизаре ракьал ва цере рукӏарал колхозал-совхозазул буголъи, рухӏ рикӏкӏун, бикье киназдаго гьоркьоб. Нижер пикруялда, гьеб буго бищун лъикӏаб къагӏида. Гьелъул рахъккуна, гьеб битӏараблъун бихьана районалъул бетӏер Мухӏамадхӏажи Айдиевасдаги. Гьеб суал дагь-дагьккун цебе унеб букӏана Р. Гӏабдулатӏипов бетӏерлъуда вугеб заманалда. Гьабсагӏаталдаги лъицаниги гьел нахъчӏвалел гьечӏо, амма нижеца киналго суалал мухӏкан гьаризе, церелъезе кколел руго цӏидасан, байбихьудасан. Киналго церечӏарал масъалаби, тӏуразе ккарал суалал рорхизе нижер буго хасаб жамгӏияб гӏуцӏиги. Буго В. Васильевасухъе хъвараб кагъатги, гьес гьеб битӏун буго А. Здуновасухъе, кинабго мухӏкан гьабизелъун гьесги гьеб битӏун буго республикаялъул кӏиго-лъабго идараялде. Гьеб хӏалалда гьелда тӏад хӏалтӏиги унеб буго, нижер кӏудияб хьул буго гьелъ хӏасилги кьелин, суалги тӏубалин. Нурмухӏамадил рагӏабазда рекъон, районалда руго 13 гӏаммаб (СПК, МУП), 40-гӏанасеб фермеразулаб (КФХ), кумекалъулаб (ЛПХ) ва ижарачагӏазулаб магӏишаталги. Цебе гьаниб букӏана ункъо цӏолбол магӏишат (730 гектар цӏолбол), гьелдасан букӏана гӏадамазе яшавги. Гьабсагӏаталда гьелъул бакӏ ккун буго хурухъанлъиялъгун боцӏухъанлъиялъ. Букӏана заман киназго росдал магӏишаталдехун мал хьвагӏараб, амма ахирал соназ районалда гьелде кьолеб буго кӏудияб кӏвар, гьабин абизе гӏураб ракь гьечӏо эркенго тараб, хӏалтӏизабулареб.\nГьеб бихьана нижедагоги — кирехун балагьаниги, рихьулел руго могьолал культурабазул хурзал, цӏидасан чӏун ругел ахал ва харибакӏал.\nТухчар\nЦӏияб Лакалдаса хадур ниж щвана битӏун гӏорхъода, Аксайка гӏурул рагӏалда бугеб Тухчар росулъе. Росдал администрациялда ниж дандчӏвана администрациялъул жавабияв хӏалтӏухъан Юсупхӏажи Юсупхӏажиевгун, ва гьес бицана гьадин.\n— Болъихъ районалъул Кӏижани росдал гӏадамал 1944 соналда гочинарун рукӏана Чачаналъул Ведено районалде. Гьел тӏадруссараб заманалда (1958 сон) ниж цӏидасан гочинаруна магӏарухъе, нижерго росулъе. Гьелдаса хадуб, росуги мина-картги цӏигьабун, парахатго рукӏаго, ракьги багъарун 1975 соналда ниж нахъеги гочинаруна, гьанжесала гьаб росулъе. Гьабсагӏаталда гьаниб буго 1720 цӏараки (602 магӏарулазул), гӏумру гьабула 5335 чияс, гьезда гьоркьоса 1946 ккола магӏарулав. Гьаниб буго клуб, кӏиго медпункт, кӏиго школа, кӏиго мажгит (гьезул цояб, цо школа ва медпункт магӏарулал ругеб авалалда), почалъул отделение, щуго-анлъго тукен. Хур-хералдасан, гӏи-боцӏудасан гьабула аслияб къагӏидаялъ магӏишат. Советияб заманалда гьаниб букӏана цӏолбол лъикӏаб совхоз, гьанже гьебги гьечӏо. Щибаб цӏаракиялъеги бикьун буго ракьул бутӏа (60 сот.). Жакъа цебечӏараб масъала ккола росулъе бачӏунеб нух къачӏай. Гьеб хӏалтӏи программаялде гьоркьобе бачиналъе хӏажатал тадбирал гьарулел руго. Буго тӏабигӏияб газ, ток, амма гьекъолеб лъел букӏуна къварилъи, хасго риидал. Росу тун унев чи къанагӏат гурони вукӏунаро, гӏезегӏан руго мина базе бокьарал гӏадамал. Цо-цо юридикиял дандеккунгутӏабаз рес кьоларого букӏана ракьул участкаби (планал) кьезе. Гьале гьал къояздаги ункъо чиясдасан гӏуцӏараб магӏарулазул къокъа ун букӏана районалъул бетӏерасухъе, гьесда цебелъуна гьеб суал, гьеб тӏубазабиялъе тӏадкъаял гьес жидерго хӏалтӏухъабазеги кьуна. Божилъи буго, гӏагараб заманалда гьеб цӏакъго кӏвар бугеб суал тӏубалин.\n— Тумал гьаниса ингун магӏарулазул хадусеб къисмат кин бихьулеб дуда?\n— Нижер росдае (Тухчар росдал магӏарулаз гӏумру гьабулеб тӏасияб авал), юридикияб статус кьей, гьелда цӏарги нижерго росдал (Цӏияб Кӏижани) лъей ва гӏадамазул къадаралда рекъон, нижее ракьги бихьизаби. Гьеб буго нижеца, гьанир ругел магӏарулаз, тӏалаб гьабулеб суал.\n— Нужер росу буго гӏорхъода, гӏор тун доб рахъалъ, нужеда дандбитӏун бихьулеб буго Чачан Республикаялъул Ишхойюрт росуги. Гӏорхъода рукӏиналъ нужее кумекищ гьабулеб ялъуни квалквалищ букӏунеб?\n— Гьабсагӏаталда нижее щибниги къварилъи гьечӏо гьадин букӏиналъул. Букӏана заман (90-абилел сонал, 2000-абилезул авал) гӏемер захӏматабги. Доб мехалъ нижеда кӏолароаан ракь-хур хӏалтӏизабизе, нижеда тӏасан букӏана речӏчӏулеб-кьвагьулебщинаб жо, ккана камиялги…\nЛъай гьечӏев цевехун унаро\nХадусеб нижер мурад букӏана «Нур» КФХялъул нухмалъулев Шамил Мухӏамадгӏалиевгун дандчӏвай. Гьев нижеда ватана росулъа 2-3 км рикӏкӏадегӏан бугеб жидерго магӏишаталда, рецизе заман гӏагарлъулел ругел могьолал культурабазул хурив.\n— Шамил, щиб гьоркьобе бачунеб дур магӏишаталъ?\n— Гьабсагӏаталда нижехъ буго ункъо гектар, жаниб камураб пихъ гьечӏеб ахил. Гӏагарлъиялъул ракьалги (щибаб цӏаракиялъул 60 сот.) гъорлъе рачун, дица 10 гектаралда хьан буго суданка хер ва ункъо гектаралда люцерна. Могьолал культураби хьазелъун санайил дица ижараялъе босула 100 гектар ракьалъул (цо гектар 800 гъуршиде хӏисаб гьабун), исана гьаниб буго 90 гектар ролъул ва 10 гектар пурчӏинадул. Кинабго хӏалтӏи тӏубала дица ва дир хъизамалъ (васал, нусал). Гьеб киналъего гӏураб техникаги буго дир — комбайн, трактор, пресс, сеялкаби ва цогидаб.\n— Бихьулеб буго ролъ лъикӏаб хӏалалда букӏин. Кодоб тани, чан центнердай щвела?\n— Гьаниса щвезе ккани, гьанибеги кьезе ккола. Нижер гьаниб квеш ккараб жо буго ижараялъе ракь цо лъагӏелалъ гурони кьунгутӏи, гьелъул хӏасилалда рес кколаро рак лъезе, удобрение базе. Гьедин бугониги хӏалтӏи гьабизе ккола ракӏбацӏцӏадго. Цо гектаралда тӏад дир уна анкьазарго гъурушгӏанасеб харж. Бугъа лъикӏаб бугони, бечеги лъикӏаб лъугьунаян абиги бугелъул, лъикӏаб бачӏин букӏине ккани, лъикӏаб хьонги букӏине ккола. Дица гьеб босула лъикӏалдаса лъикӏаб. Гьелда рекъон гьабула цогидаб хӏалтӏиги. Исана дир гьаниб 35 центнералдаса гӏодобе кколаро бачӏин (Дагъистаналда гӏемерал руго магӏишатал 20 центнерги лъикӏаб бачӏинлъун рикӏкӏунел).\n— Гьал къоязда дуца байбихьулеб буго хер бецизе. Сунде гьеб?\n— Дир буго гьанае хьихьараб 15 баси. Хъураб боцӏул гьанги бичула Хасавюрталда, 250 гъуруш килоялъул багьа гьабун. Гьеб дармие гьечӏо щибниги къварилъи, цереккунго рукӏуна, цогидазе кьечӏого жиндие теян абурал чагӏи. Буго щуго бечӏчӏулеб гӏакаги, амма рахьдал нигӏматал дица ричуларо.\n— Бакӏарараб тӏощелалъул къисмат кинабха букӏунеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, бахъула закагӏат. Кумек гьабула хӏажатазе. Цогидаб бичула. Гъоркьисала, Хасавюрталда 10 гъуршиде кило бугеб заманалда, дица гьеб кьуна анкьго-микьго гъуршиде, гьебги босун уна, гьанирего рачӏун. Бичун щвараб гӏарцудаса 500-600 азарго гъуруш нахъеги уна ракьалда тӏад.\n— Тӏад арал харжазулги нахъбуссаралъулги хӏисаб гьабун, хайиралде бачӏунищ хӏасил?\n— Жиндир заманалда кинабго хӏалтӏиги гьабуни, гьава-бакъги рекъани, цо гектаралдаса 6000-7000 гъуруш щвезе бегьула (гъуршида тӏаде гъуруш)\n— Гӏемераз абула росдал магӏишаталъул хӏалтӏи захӏмат бихьулеб, гьелда рекъараб хайир щолареб хӏалтӏи бугин абун. Рази вугищ мун?\n— Кинабго бараб буго Аллагьасда. Гьаб буго доб лотереялъул билет гӏадинаб иш. Мисалалъе, заман гуреб мехалъ (тӏогьолъ бугеб) цӏад бани, яги цоги тӏабигӏияб балагьалъ квалквал гьабуни, ккезе рес буго жаниб мугь гьечӏеб чӏобогояб тӏор. Гӏадада гурелъул нилъер умумуз абулеб букӏараб ракь хӏалтӏизабулев чи киданиги бечелъизеги бечелъуларин, чед камунги хутӏуларин абун. Гьеб буго цӏакъ битӏараб аби. Санал рахун руго хӏалхьиялда чӏезе кколеб ригьалде, амма тезе кӏолеб гьечӏо ругьунаб хӏалтӏи.\n— Дуца толеб гьечӏо хӏалтӏи, амма дур лъималаз хадубккун гьабизе бугищ гьеб, гӏолохъанаб гӏелалъе бокьулеб гьечӏелъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏи?\n— Хӏакъикъаталдаги бокьулеб гьечӏо, нилъер гӏелалъ гьабулеб букӏаралъул 10 процент гурони гьабулеб гьечӏо гӏолеб гӏелалъ. Цо рахъалъан балагьани, кигӏан бокьичӏониги гьез абулелда разиги вуго дун — Хасавюрталдеги ун, гьаниса босун добехун бичулев вукӏун къойие кӏиазарго гъуруш щолеб мехалъ, лъиеха бокьилеб 500-700 гъуршиде, гьаб захӏматги бихьун, ракьалъулгун хӏалтӏи? Дир цо вас хӏалтӏулев вуго полициялда, цогидав гьале гьабсагӏаталдаги, доб авлахъалда, МТЗ тракторгун прессалъ хер къалев вуго. Дир буго 64 сон, гъоркьисалаго тезехъин букӏана дица гьаб хӏалтӏи — лъималаз гьарана чӏайин, жидеда малъейин, жидеца гьабилин абун. Дица гӏетӏ тӏун гӏуцӏараб магӏишат гьезда рехун тезе ракӏалда гьечӏо. Гьезул гьариялда рекъон чӏана дица гьаб ахги, Аллагьас хъван батани, хаслихъе гьелда аскӏоб, щуго гектаралда чӏезе буго цӏибилги.\n— Къарзалъе гӏарац жеги босизе кканищ дуца?\n— Гьаб ах чӏолаго законияб къагӏидаялда дие кьуна субсидия, цо гектар рикӏкӏун 70 азарго гъуруш. Амма гьел откатал — проценталги, гьеб къарз — кредитги дие дандекколаро, ният гьечӏо гьезул кӏичӏикье габур бегьизе.\n— Дуца цӏакъ ракӏунтун абуна нужер гӏадамал цӏали-лъаялда хадур лъугьунел гьечӏин абун…\n— Гьедин буго. Гьеб буго мекъи ккараб иш. Дир хӏисабалда, гӏемерисел эбел- инсуца пикруго гьабулеб гьечӏо жидер лъимал цӏализаризе кколин. Цӏализе ккола, тӏалаб гьабизе ккола лъай, лъай-гӏакълу гьечӏони, букӏунаро цебетӏей. Тӏубаларо цо бакӏалда чӏун, ине ккола церехун, лъай гьечӏев унаро цевехун…\nЦӏияб Чуртах\nСапаралъул ахир нижеца гьабуна Цӏияб Чуртах росулъ. Росдал администрациялъул бетӏер Аминат Хӏажиевалъ кьурал баяназда рекъон, гьаниб буго 450-гӏанасеб цӏараки, гӏумру гьабулеб буго 4700-ялдаса цӏикӏкӏун чияс, гьезул гӏемерисел ккола магӏарулал. Буго кӏитӏалаяб, 300-гӏанасев цӏалдохъан цӏалулеб гьоркьохъеб школа. «Цебе букӏараб школалъул басрияб минаялъуб, лъикӏаб ремонтги гьабун, гӏуцӏун буго ясли-ах. Гьабсагӏаталда гьениб буго 93 лъимер. Буго медпункт, мажгит, мадраса, библиотека, почалъул отделение, микьго тукен. Цӏакъ гьава-бакъ рекъараб, ракь лъикӏаб, кинабго рахъалъ санагӏалъи бугеб бакӏ букӏиналъ росу тун унев чи (цӏияб ракьалде гочунел тумал тун) гьечӏин абизе бегьула. Цӏикӏкӏунел руго тӏаде рачӏунел. Гьединазе планал кьезеги гьабсагӏаталда къварилъи гьечӏо, кьола анкьго сотых. Росдада цебе бугеб аслияб масъала ккола — гӏолохъанаб гӏел къваригӏел гьечӏел пишабазда гьоркьобе ккеялдаса цӏуни. Гьеб мурадалда нижеца хӏаракат бахъула гӏолилазул гъира базабизе спорталде. Дагьабго нахъеккун буго культураялъулаб хӏалтӏи. Гьелъие нижер гьаниб гьечӏо клуб. Цебе гӏодоб квер лъун щивго хутӏулароан, гьанир рукӏана цӏолбол лъикӏал ахал. Гьанже гьелги гьечӏо, гӏолохъабазе росулъ хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъи буго квеш ккун.\n— Магӏарул мацӏ малъиялъул, цӏуниялъул суал кинха бугеб?\n— Байбихьудаса лъугӏизегӏан (ахирал классазда гьеб дагь гьабун ингилис мацӏ, физкультура цӏикӏкӏунеб буго) школалда малъула магӏарул мацӏ. Тум ва чачан мацӏал малъуларо лъимал дагь рукӏиналъ, гьездаги лъала магӏарул мацӏ. Гӏемерал соназ магӏарул мацӏалде кутакалда кӏвар кьолей мугӏалим йиго Ума Асламханова. Гьелъ гӏуцӏун буго музей гӏадинаб, кинабго къваригӏанщинабги, хӏажатал шартӏалги чӏезарун ругеб магӏарул мацӏалъул кабинет. Амма ахираб заманалда гьейгицин гӏодулей йигин абуни мекъи ккеларо. Цо-цо эбел-инсуца рикӏкӏунеб буго, магӏарул мацӏ бицинчӏого, гӏурус бицани, жал церетӏурал, «культура» бугел, гӏадамал рукӏинин абун. Гьеб пикру щолеб буго лъималазухъеги.\n— Гьеб хӏалалда цӏунизе кӏвеладай магӏарул мацӏ?\n— Кӏвела, кӏвезе ккола, кӏвечӏого рес гьечӏо. Кӏвечӏони нилъ щал кколел? Ургъеха гьелда тӏад жив магӏарулавин рикӏкӏунев щивав магӏарулав.\n— Кӏудияб росу, гӏемерал масъалаби… Чӏужугӏадан хӏисабалда, гьаб хъулухъ тӏубазе захӏмат гьечӏищ дуе?\n— Бигьа гьечӏо. Амма захӏматго бугин абун гьабичӏогойищха хӏалтӏи телеб? Советияб, Андроповасул заманалдаги, школалъул завучлъун хӏалтӏулей йикӏарай дун, тӏамун йикӏана Советалъул председательлъун. Дир гьеб хӏалбихьиги букӏун, гӏагарлъиги цӏикӏкӏараб букӏун (нижер йикӏана 10 яц), районалъул бетӏерас, дагьаб мехалъинги абун, нахъеги тӏамуна гьание (гьеб хъулухъалда цадахъго Аминат йиго ясли-ахалъул заведующаяги).\n— Сунцаха кумек гьабулеб гьеб захӏматаб гьир баччизе?\n— Кьун буго Аллагьас къуват. Дида кӏоларо тӏаса-масаго хӏалтӏи гьабизе, тӏадкъараб гьабичӏого тезе. Ракӏ-ракӏалъго абила цойги жо. Бищун дун къваридаб, бищун дие захӏматаб заманалда дица кодобе босула «Хӏакъикъат» газета (Росулъ гьелъие подписка гьабурал лъабгоязда гьоркьой йиго Аминатги) Гьеб цӏалун хадуб рекӏее дагьаб бигьалъи лъугьуна…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1869-millatal-ul-khazina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1869-millatal-ul-khazina", "title": "Миллаталъул хазина", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мацӏазе гъураб къор\nЛъикӏ гьечӏо жакъа миллатазул ахӏвал-хӏал. Дунял хехаб къагӏидаялда цебе унеб буго. Гьелда цадахъ унаго халкъазул жидерго хаслъаби дагь-дагьккун лъугӏулел руго. Бичӏчӏизе захӏматаб «къуваталъ» цӏакъ хӏаракат бахъулеб буго нилъ киналго цоцазда релълъарал, миллиял хаслъаби гъорлъ гьечӏел, «жидерго гьумер гьечӏел» лъугьине. Бищун пашманаб жо – гьеб «къуват» бергьунеб букӏин. Гьелде тӏадеги, нилъер улкаялда гӏадатлъун лъугьунеб буго «гьитӏинав вац» къварид гьави, гьесда «жиндирго бакӏ» бихьизаби. Гьедин бичӏчӏула дида миллиял мацӏазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал. Бищун кьучӏаб хазина халкъалъе мацӏ бугелъул, берцинал харбалги рицун, халкъ жибго тӏамулеб буго жиндирго мацӏалдаса инкар гьабизе. «Заман гьединаб бачӏун буго» — гьеле нилъеда гьелъие рагӏулеб далил.\nГьаб кӏиго-лъабго анкь цӏакъ хӏалуцараб букӏана гӏицӏго нилъер республикаялъул мацӏалъул ургъел бугелщиназе гуребги, киналго миллатазул республикабазе. Цо-цояз чӏванкъотӏун лъазабуна жидер республикаялда миллияб мацӏ лъазабизе бугин (Ингушетия, Чачан республика). Цо-цоялин абуни (Дагъистан), «тӏасан» бачӏараб тӏалаб тӏубазабизе хӏадурго, законопроекталда щибго хӏинкъизе ккараб бакӏ гьечӏин, гӏадамал гуккизе харбал рицине лъугьана. Бищун пашманаб иш — гьел ккола нилъерго гӏадамал, нилъерго халкъазул вакилзаби.\n5 июналда Пачалихъаяб Думаялъ гьеб проект нахъе тӏамун тана, гьелда тӏад жеги хӏалтӏизе кколинги лъазабуна.\n«Законопроект миллиял республикабазда хӏалтӏизабизе санагӏатаблъун гьабизе буго. Гьебго заманалда титульнияллъун кколарел миллатазул гӏадамал, хӏалгьабун, мацӏ лъазабизе тӏамизе гьечӏолъи цӏунизе буго», — ян абуна Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул комитеталъул председателасул заместитель Олег Смолиница.\nГьелдаса рохизейищ рохилел яги ишанкъанищ чӏелел? Жеги «лъамияб» къагӏидаялъ, гӏадамазда ричӏчӏизе захӏматал рагӏабаздалъун законопроектги хӏадурун гьебго ишалде тӏадруссине бегьулелъул гьелъие чанкъан ругел.\nГьеб суалалда тӏасан кор боркьараб бахӏс букӏана 5 июналда «Черновик» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб данделъиялдаги. Гьенир гӏахьаллъана республикаялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул, Миллияб политикаялъул министерствоялъул, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзаби, республикаялъул газетазул редакторал, журналистал. Дандеруссин нухда бачана «Черновик» газеталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Мухӏамадовас.\nМухӏамад Мухӏамадов:\n— Жакъа нилъеца гьоркьоб лъолеб буго «РФялъул лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб законалда хиса-басиял гьаризе хӏадурараб законопроект. Гьелда бицунеб буго миллиял мацӏал жидеего бокьун (улбузе ва лъималазе ) малъиялъул. Гьеб проекталъул рахъкколез абулеб буго гьелъул щибго зарал гьечӏин рахьдал мацӏазе, гьелда данде ругез абулеб буго гьелъ рахьдал мацӏал лъугӏиялде рачине ругин.\nБаху Мухӏидинова, магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей:\n— «Жидеего бокьунилан» абулеб рагӏулъ буго гьениб бищун аслияб бакӏ. Улбузе ва лъималазе рахьдал мацӏал лъазаризе бокьи гуребги, гьеб законопроекталда рекъон гӏуцӏун рукӏине ккола гьел лъазариялъе шартӏалги. Кинал шартӏазул бицунеб бугеб? Бокьизе ккола гьеб, тӏоцебесеб иргаялда, Лъайкьеялъул министервоялъе, гьелдаго цадахъ миллияб республикаялъул нухмалъиялъе. Школазул гьелъие ресал рукӏине гьечӏо. Гьениб улбузе ва лъималазе бокьиялъул лъицаго тӏалаб гьабизе гьечӏо.\nШирали Гӏалиев, Дагъистаналъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул тӏоцевесев заместитель:\n— Гьеб законопроекталъ рахьдал мацӏал лъазаризе Конституциялъ кьураб лъилго ихтияр хвезабулеб гьечӏо. Гьелда рекъон рахьдал мацӏазул ва адабияталъул дарсал чара гьечӏого малъизе кколезда гьоркьоса рахъун гьечӏо, гьебго заманалда улбузе рес кьун буго гьезие рахьдал мацӏ тӏасабищизе. Гьеб законопроекталда рекъон, рес кьун буго улбузул комитеталъе тӏасабищизе кинаб мацӏ гьез рахьдал мацӏлъун тӏасабищилебали. Гьез гӏурус мацӏ бищун хадуб, гьеб гьезул иш буго, гьединаб ихтияр кьолеб буго гьезие.\nМухӏамад Мухӏамадов, РАНалъул ДНЦялъул грамматикиял цӏех-рехазул отделениялъул нухмалъулев:\n— Пачалихъиял мацӏаллъун рикӏкӏунел руго гӏурус мацӏ ва Россиялъул халкъазул мацӏал. Гьеб законопроекталда рекъон гӏурус мацӏ хутӏизегӏан цогидал мацӏал рикӏкӏунел руго гӏурус мацӏалда бащадал ихтиярал гьечӏеллъун. Гьелдаса ине къваригӏун гьабулеб хӏалтӏи буго гьеб, пачалихъияб мацӏлъун букӏине къваригӏун буго гӏицӏго гӏурус мацӏ, хадусеб рахъ, ай Россиялъул халкъалъул мацӏал абураб бутӏа нахъе рехизелъун. Батӏияб куцалда гьеб бичӏчӏизе рес гьечӏо. Руго гӏадамал гӏурус мацӏ жидее рахьдал мацӏлъун кколел, гьеб мехалъ гӏурус мацӏги ккезехъин буго «Россиялъул халкъалъул мацӏазда» гъорлъе. Гьеб магӏнаго гьечӏеб жо кколеб буго. Щай гьикъизе кколеб улбузда? Гӏурусазда гьеб гьикъулареб мехалъ, батӏиял миллатазул улбузда щай гьикъулеб? Нилъер мацӏал хъулухъ тӏубалареллъун ккун руго. Гьезда тӏад пачалихъияб тӏалабго гьечӏо, гьел цӏазе хӏухьел щолареб бакӏалде ккезарун руго. Гьадинги квешаб гьезул ахӏвал-хӏал тӏубанго лъугӏизабизе гьанже гьикъулеб буго эбел-инсуда. Мисалалъе, Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏал босани, гьаниб гӏемерисев чи жиндирго тарихияб ватӏаналда гьечӏо гӏумру гьабулев. Росе тумал, гьезул 70 процент руго Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда. Киналго улбузда гуро бугеб ахӏвал-хӏал бичӏчӏулеб. Камуларо щибго къваригӏел тӏубалареб рахьдал мацӏ щайин абулелги, гьединаз инкар гьабизе буго. «Жидеего бокьун» абурал рагӏаби хӏалтӏизарулаго пикру гьабизе ккола киналго рахъазул. Щаялиго гӏурус мацӏ лъазабиялъул лъицаго гьикъуларо жидеего бокьунищ, бокьичӏогойищ гьеб малъизе бугебали. Чияр мацӏ чара гьечӏого лъазе кколеб, жиндирго мацӏ лъазабизе кколареб абураб жо битӏун гьечӏо. Битӏун букӏина рахьдал мацӏ — чара гьечӏого малъизе хӏажатаб, чияр мацӏ – жидеего бокьун лъазабулеблъун гьабуни. Жакъа Дагъистаналъул мацӏал ккун руго къватӏисел улкабазул мацӏазул статусалде.\nШирали Гӏалиев:\n— Законалда бихьизабун буго кинаб мацӏ ва кин тӏасабищилебали. Гьенибго бихьизабун буго мацӏ тӏасабищизе кколин лъимадул законияв вакилас абун, ай эбел-инсуца. Нилъер гьанир гӏемер руго батӏиял миллатазда гьоркьор гьарурал ригьнал, гьединлъидал эбел-инсуца тӏасабищизе ккола кинаб мацӏ лъимералъе рахьдалаблъун кколебали.\nФедералияб законалда бихьизабун буго лъайкьеялъул мацӏлъун кколин пачалихъияб мацӏ. Кинаб мацӏ кколеб нилъер пачалихъияблъун? Гӏурус мацӏ. Нужеца Татарстаналъул бицунге, Татарстаналда буго рахьдал мацӏалъул хӏакъалъулъ закон, гьелда рекъон гьез малъулебги буго рахьдал мацӏ. Гьабсагӏат нилъеца бицунеб буго «ихтиярал хвезари кколищ рахьдал мацӏал тӏасарищизе изну кьей» абураб суал. Нилъер лъималазул улбуз гӏемерисез рахьдал мацӏлъун тӏасабищулеб буго гӏурус мацӏ. Гьединаб ихтияр буго гьезул.\nШагӏбан Хӏапизов, магӏарулазул регионалияб миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев:\n— Мисалалъе, дие бокьун гьечӏо дир лъимер физкультураялде ялъуни математикаялде хьвадизе, амма гьединаб ихтияр дие кьоларо лъицаго. Гьеб законопроекталъул «сихӏирлъи» ккола тӏасабищизе ихтияр кьун букӏин гӏицӏго рахьдал мацӏ. Гьелъул магӏна ккола рахьдал мацӏ кӏиабилеб, лъабабилеб сорталъуллъун рикӏкӏунеб букӏин. Щайха тӏокӏаб батӏияб дарсалъе гьединаб «ихтияр» кьолеб гьечӏеб? Нилъее гьеб законопроекталъул щибго къварилъи гьечӏин, кинабго лъикӏ букӏине бугин бицунев нилъер министерствоялъул вакил сихӏирлъулев вуго. Гьазул «нахъарокъоб» ва нилъер нухмалъиялъул «нахъарокъоб» рахьдал мацӏалъул дарсал факультативазде рехизе ругин хабар букӏин лъала. Районазул Лъайкьеялъул управлениязда унел руго «кӏалзулал» лъазабиял цӏалул программабаздаса рахьдал мацӏалъул дарсал нахъе росеян. Гьабсагӏат нилъер Лъайкьеялъул министерствоялъул аслияб масъала, рес букӏун, цӏалул планаздаса рахьдал мацӏалъул дарсал нахъе роси буго. Гьелъул щибго къварилъи гьечӏин бицунеб харбида щивха божилев. Хӏалбихьизе дида кӏола жакъа рахьдал мацӏ лъазабулел лъималазул къадарги босун тӏадеялъул лъагӏалил ахиралде гьезул къадар кигӏан букӏинебали дандекквезе. Хӏасил букӏине буго лъабго-ункъо нухалъ дагьаб. Биччанте жакъа нилъер Лъайкьеялъул вакилас абизе рахьдал мацӏ лъазабулезул къадар тӏадеялъулалде дагьлъизе гьечӏин. Гьедин ккани, дица халкъул гӏаламалда цебе гьарила гьесда тӏаса лъугьаян.\nНилъер Лъайкьеялъул министерствоялъ сундулго жаваб кьоларо. Гьезухъа тӏалаб гьабизе ккола, щай фашистаз гӏадин, ФГОСазда дандекколел гьечӏилан багьанаги батун, школаздаса рахьдал мацӏалъул тӏахьал нахъе ракӏараралин абураб суалалъе жаваб. Дунялалда кибго гьединаб лъугьа-бахъин рагӏичӏо.\nШирали Гӏалиев:\n— Гьеб буго кьучӏ гьечӏеб хабар. Цоги нухалъ абулеб буго гьеб законопроекталъ лъихъаго рахьдал мацӏ лъазабизе кьурал ихтиярал нахъе росулел гьечӏин. Кинаб эбел-инсуца тӏасабищилебали, гьеб гьезул иш буго, биччанте гьез тӏасабищизе рахьдалаблъун рикӏкӏунеб мацӏ.\nМухӏамадрасул Гӏумаров, магӏарул СМИязул ассоциациялъул председатель:\n— Министерствоялъул вакилас бицунеб жо буго нилъ тӏаса рихьизариялъе бицунеб хабар. Щайин абуни, гьаб буго цӏалул соналъул ахир, гьанже рикьула школалда хадусеб соналде сагӏтал, гьелин абуни, школазда жакъа рикьулел руго рахьдал мацӏалги нахъе рахъун. Гьеб ккола Шагӏбан Хӏапизовас рехсараб «лъазабиялъул» нугӏлъи гьабулеб хӏужа.\nГьанжелъизегӏан рес букӏараб батани рахьдал мацӏ тӏасабищизе, гьанже гьебги гьечӏо, нужеца рахьдал мацӏал «гъуна» факультативазде. Жакъа рахьдал мацӏ нужеца шахматазул кружокалде сверизабулеб букӏиналъе нугӏлъун вукӏаго, кин дуда кӏолеб дун мекъи вугин чӏезавизе?\nХадуб бицинин, щиб букӏине бугеб тӏадегӏанал цӏалул заведениязда миллиял кафедрабазул, щиб букӏине бугеб педагогиял цӏех-рехазул институталъул, щиб букӏине бугеб миллияб прессаялъул?\nШамсият Султанбегова, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель:\n— Дие гьабсагӏат Лъайкьеялъул министерствоялъул вакиласул бакӏалда йикӏине бокьилароан, щайин абуни гьабсагӏат министерствоялъ гьабураб хӏукмуялъ нилъер республикаялъул халкъалъул тарихалда чӏегӏераб тӏанкӏ лъезе буго. Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ хӏадур гьабураб законопроект цебехун «тункулаго», нужеца хӏучч цӏалеб буго киналдаго тӏад. Цере рукӏунаан жидеего бокьун гӏуцӏарал студентазул къокъаби, студентаз гьезда абулаан хӏалгьабун жидеего бокьун гӏуцӏарал студентазул къокъабийилан. Гьебго жо гьабулел руго нуж жакъа. Дунги хӏалтӏана школалда, хӏалтӏулей йиго миллияб газеталда, цӏакъ лъикӏ лъала школазда мацӏазул бугеб ахӏвал-хӏал. Лъала гьединго гьалгониял соназ Лъайкьеялъул министерствоялъ килщида килищ кӏутӏараб хӏалтӏи гьабичӏолъи мацӏал цӏунизелъун. Гьабсагӏат мун вуго Татарстаналъул мисал бачунев, далиллъун гьезул закон бугин абулев. Нилъер республикаялда мацӏазул закон гьечӏолъи лъил гӏайиб? Халкъалъул балагьищ нилъер гьединаб Лъайкьеялъул министерство букӏин, гьединал депутатал рукӏин ва гьадинаб хӏукумат букӏин? Дун бахиллъуларо дуда ва дуда цадахъ гьеб законопроекталъул рахъккуразда, къого соналдасан нужеде хьандезе буго халкъ.\nНиж ахӏи балел рукӏана мацӏалда «хвалил унти» чӏван бугин, нужеца гьелъие хоб бухъулеб буго. Нужее баркала лъицаго кьезе гьечӏо.\nМухӏамад Мухӏамадов, (модератор):\n— Гьале дихъ буго гьеб законопроект, гьаниб кинабго гӏуцӏун буго бокьараб рахъалде сверизабизе кӏоледухъ. Хъван буго: «…рахьдал мацӏал малъизе улбузул ва лъималазул тӏалабазул хӏисабги гьабун» абун. Щибха кколеб «улбузул ва лъималазул тӏалабал»? Гьеб кколаха улбузул комитеталъ гьабураб хӏукмуялда бараб бугин кинабгоян абулеб жо. Хӏасил — группаби ялъуни классал гӏуцӏизе лъималазул къадар гӏезе гьечӏо. Гьединлъидал рахьдал мацӏалъул бакӏалда гӏурус мацӏ лъазаби «тӏасабищизе» ккезе буго гӏадамаз.\nЦоги гьаниб буго «тӏасабищи» абураб бакӏ. Гьаниб абулеб буго жиндирго лъимералъе гӏоло эбел-инсул ихтияр бугин лъайкьеялъул учреждениялъ кьураб сияхӏалда гьоркьоса мацӏ тӏасабищизе. Нагагьлъун гьеб сияхӏалда гьоркьобе батӏи-батӏиял гӏиллабаздалъун рахьдал мацӏ ккун батичӏони, гьеб малъичӏого хутӏизе рес буго. Мацӏ малъулареб бакӏалда гьеб лъугӏиялъул бицинего ккелищха. Гьеб суал гӏемер цӏакъ хъинтӏизе буго миллиял газетаздаги.\nГӏали Камалов, Журналистазул союзалъул председатель:\n— Аллагьасе рецц, миллияб пресса къваригӏунищ абун суалал кьолел рукӏаралги, щай гьелъие пачалихъалъ кумек гьабулеб, щай гьезие гӏарац биччазе кколебин ахӏдолел рукӏаралги жакъа рекӏеда ратана, гьезда бичӏчӏана гьебги къваригӏунеблъи. Миллияб прессаялъ гъорлъе бачуна мацӏ цӏуниялъул цо кӏудияб бутӏа. Кӏиабилеб – цин цереса нахъе росулел руго мацӏ малъиялъул алатал (ясли-ахалдаса бахъараб, школаги гъорлъе бачун), хадуб абулеб буго хӏалтӏи гьабеян. Кинабго бачунеб буго халкъалъ жинцаго жиндирго мацӏалдаса инкар гьабиялде. Гьаниб хӏалтӏизабуна «хвалил унти» ва «хабалъ лъей» абурал рагӏаби, гьелде гьеб иш лъица бачунеб бугебалиги нилъеда киназдаго лъала. Нужеда лъала дагьал церегӏан къоязда нилъер Халкъияб Собраниялъул кӏиго комитеталъ гьеб законопроекталъул рахъккун гъолбас гьабураблъи. Гьединго киназдаго лъала кинабго гьеб ишалъул бетӏералда «Единая Россия» партиялъул вакилзабиги рукӏараблъи. Комитетазул данделъиялда лъайкьеялъул министралъги ва депутат Хӏамидулагь Мухӏамадовасги (гьав кидаго рахьдал мацӏал цӏунулевлъун хӏалев вукӏуна – ред.) законопроект беццараблъи ва гьелъул рахъккураблъи. Халкъияб Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъкквечӏеблъиги лъала. Гьел гьелда данде рукӏинги лъала. Нижеца нижерго газеталда кьолеб макъалаялъул бетӏерцин гьадинаб лъун букӏана: «Бице, эбел Ватӏан, бице, Дагъистан, божизе бегьулищ ниж дур васазда». Абизе ккола, гьедин депутатал данде рахъараб хӏужа ракӏалда гьечӏо. Лъаларо, газеталъ гьезие асар гьабилищали, амма халкъалда лъазе ккола жиндирго бахӏарзал. Гьеб законопроекталда гъоркь гъолбас гьабуни, лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министрги, миллияб политикаялъул министрги ине ккола хъулухъаздаса нахъе — гьелъулги «гӏакълу гӏуна» мацӏ миллаталъул хаслъи бихьизабулеб гӏаламат гурин абизе. Гьединал хӏакимзабазул кумекалдалъун кинабго унеб буго нилъ миллат гьечӏеллъун гьаризе. Кинабго цоцазда бухьараб буго. Къваригӏун бугищ миллияб мацӏалда газета абурабги, электроннияб версия гьабуни гӏолин газеталъулин бицунеб хабарги буго цого бакӏалдаса гьоркьоса къотӏи гьечӏого бицунеб бугеб жо. Гьединал гӏемер руго нилъер хӏакимзабазда гьоркьор. Гьезул хъизамалда гьечӏо рахьдал мацӏ, цогидазул хъизамалда гьеб цӏунунги гьезие щайха. Киданиги гьикъанищ эбел-инсуда цогидаб дарс къваригӏун бугищали, лъиеха къваригӏараб гӏумруялда жаниб тӏадегӏанаб математика, тригонометрия? Щаяли лъидаго цӏехечӏого малъула гьеб школазда. Рес кьолищ гьел тӏасарищизе? Щайха, хас гьабун, рахьдал мацӏ тӏасабищизе тӏамулел ругел абураб суалалъ расги лъикӏал гьечӏел пикрабазде рачунел руго. Гьединлъидал жакъа жамгӏияталда бичӏчӏизабизе ккола нилъер миллатал дагь-дагьккун рачунел ругеб бакӏ. «Сихӏирлъи» абураб рагӏи, Ширали, дуе рекӏее гӏечӏо. Щибаб жоялда жинди-жиндир цӏар абизе ккола. Гьеб нужеца бицунебги буго сихӏираб хабар. Гьеб ккола гӏадамал гукки, гьединал харбалги рицун, гӏадамалги гуккун хвезабулеб буго нилъерго мацӏ, маданият ва тарих. Гьединлъидал хӏадур рукӏине ккола нилъги, нилъер халкъалги. Нилъеца битӏараб бицинчӏони, гьезие битӏараб бицине чи гьечӏо. Гьел цин-циял тӏалабалги ургъун, мекъи ккезарулел руго, ургъизе течӏого «тӏасарищиял» гьаризе тӏамулел руго.\nБайрам Гӏабдулаев, цахуразул газеталъул бетӏерав редактор:\n— Гьеб законопроекталъ кӏудияб кьаби щвезабизе буго Дагъистаналъул гӏисинал халкъазда — цахуразда, рутулазда, агулазда. Гьедин гьечӏин министерствоялъул хӏалтӏухъаби чӏаниги, гӏемерисел бакӏазда рахьдал мацӏалъул дарсал рачун руго факультативалде. Нилъер районазда руго школал рахьдал мацӏалъул дарсал кьоларелги. Законалда рекъон, гьеб ккола такъсир. Щаяли гьединал хӏужаби рихьуларо, лъаларо министерствоялда. Директорасда гьикъани, щай нужеца гьел дарсал кьолел гьечӏелин, гьес абула специалист гьечӏилан. Гьезие гьел специалисталги къваригӏун гьечӏо. Директорзабазеги ЕГЭ кьуни гӏун буго, рахьдал мацӏазул дарсазул гьезие щибго ургъел гьечӏо. Киданиги тӏалаб гьабичӏо директорзабаздаса рахьдал мацӏазул дарсал кьеялъул хӏалтӏи. Мацӏазул закон хӏажалъичӏо нилъее, жакъа гьале дарсал къваригӏунарин борхун буго суал, метер къваригӏине гьечӏо миллиял газетал, хадуб миллияб театр. Бищунго миллиял мацӏал къваригӏинчӏел гӏадамал руго нилъер Лъайкьеялъул министерствоялда, Халкъияб Собраниялда. Гьеб законопроекталъ цӏакъ квешаб бакӏалде бачине буго республика.\nБашаев Руслан, тумазул газеталъул бетӏерав редактор:\n— Бищун цӏакъ пашманлъизе ккараб хӏужа буго гьеб ишалъулъ нилъерго дагъистанияв нилъерго мацӏал хвезарулеб законопроекталъул рахъалда вукӏин. Батизе бегьула гьес гьеб жиндиего бокьичӏониги гьабизе кколебги, амма гьеб буго цӏакъ пашманаб иш, нилъер дагъистаниясул кӏалдисан гьединаб жо рагӏи. Бичӏчӏулеб буго гьеб нилъер министерствоялъ ургъараб жо гуреблъи, тӏасан бачӏараб тӏалаб букӏин. 2008 соналда Минтемир Шаймиевас абурал рагӏаби ракӏаде рачӏана. Рахьдал мацӏалъул сагӏтал факультативалъе рехизе ккеялъул хабар баккидал, гьес доб заманалъ министрлъун вукӏарав Фурсенко гӏахьаллъараб данделъиялда абуна: «Нужеда щиб, улкаялда кӏвар гьечӏелги халкъал «рижизаризейищ» ракӏалде ккараб? Гьедин гьабулеб бугони, гьеб суал борхизе ккола Конституциялъулаб судалда, ялъуни Татарстаналъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе ккола», — ян. Пайда щиб, нилъер республикаялъул бетӏерлъуде цониги нухалъ Шаймиев гӏадав чи ккечӏелъул. Татарстаналъе ва гьединалго цо мацӏ бугел республикабазе бигьаго буго мацӏ цӏунизе, нилъер республикаялда жеги цӏикӏкӏун кӏварги кьезе ккола, ресалги ралагьизе ккола гьел цӏунизе. Амма нилъер гьаниб кинабго гӏаксалда буго.\nШирали Гӏалиев:\n— Рахьдал мацӏалъул дарсал рукӏине руго чара гьечӏого кьолел дарсазда гьоркьор. Лъица нужеда абулеб бугеб гьел рукӏине гьечӏин? Бицунеб буго гьел жидеего рокьун лъазарулеллъун гьаризе ругин. («Чара гьечӏого малъулелги» «жидеего бокьун лъазабулебги» магӏна цогоял пикраби гуро. Амма гьел цойиде рачунел руго министерствоялъул вакилас. – ред. ) Цӏалдохъанасул яги гьесул эбел-инсул рес буго бокьараб рахьдал мацӏ тӏасабищизе. Тӏасабищараб мацӏ букӏине буго чарагьечӏого малъулезда гьоркьоб.\nМухӏамад Мухӏамадов, (модератор):\n— Законопроекталда хъвалеб буго гьел дарсал кьезе киналго шартӏал ругони абун. Шартӏал ккола дарс кьезе кабинетги, гӏураб къадар лъималазулги ва цогидалги. Гьел гьечӏел бакӏал гӏемер рукӏина нилъер школазда. Гьебмехалъ щиб ккезе бугеб?\nАльберт Мехтиханов, «Молодежь Дагестана» газеталъул журналист:\n— Гьабсагӏат шагьаралда ругел миллатазул гӏолеб гӏел босани, мацӏ лъалев чи къанагӏатги ватуларо. Гьез абула мацӏ лъалин, гъорлъе раккидал, мацӏ лъалеб батуларо. Гьесда лъалел ратула гӏурус классикал, амма жиндирго мацӏалда цогӏаги кечӏ рекӏехъе цӏалун бажаруларо. Нилъер гьаниб миллияб мацӏалъ тӏубалеб рахъ тун гьечӏо, гьединлъидал пачалихъияб кумек щвечӏони, мацӏал цӏунун хутӏи цӏакъ щакаб иш буго. Гьединлъидал «тӏасабище» абун мацӏ тезе бегьуларо.\nГӏали Камалов:\n— Нилъ унел ругеб бакӏги бихьун, нижеца гьеб суал борхулареб заманго букӏинчӏо. Лъала, шагьаралъул лъимералда гъваридго мацӏ малъизе захӏмалъулеблъи, росулъгӏаги цӏунизе ккеларищ мацӏ? Гьединлъидал школа лъугӏулелъул рахьдал мацӏалъул экзамен тӏобитӏизе ккола, хӏакимлъуде унев чиясда рахьдал мацӏ лъалищали халгьабизе ккола. Жубарал хъизамазда малъизе ккола цогӏаги миллияб мацӏ. Гьеб лъабго суал лъуни, киназго хӏаракат бахъизе буго мацӏ лъазабизе.\nЖурналистазул союзалъ улкаялъул президентасде гьабураб хитӏабалъулги гьикъун кӏалъан вачӏана цо хӏакимчи дихъе. Гьеб хъачӏго бугин багьана чӏвана цин, хадуб цоги нухалъ цӏалидал, жиндихъе битӏеян абуна. Битӏун хадуб, кинабго хъварабги битӏараб бугин разиго вукӏана гьев, амма… Путинихъе битӏугеян абуна. Гьеб Путинихъе некӏого битӏун букӏана. Хӏакимзабиги, редакторзабиги, министралги, депутаталги, директорзабиги битӏараб абизе хӏинкъулел ругони, нахъе ине ккола хъулухъаздаса. Жакъасеб мацӏалъул ахӏвал-хӏалалъул жавабчилъи буго киназдаго тӏад, амма тӏоцебе — министрзабаздаги, депутатаздаги, тӏадегӏанал хъулухъазда ругел хӏакимзабаздаги.\nШамсият Султанбегова"}
{"slug": "1870-iskusstvoyal-ul-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1870-iskusstvoyal-ul-giadamal", "title": "Искусствоялъул гӏадамал", "date": "2018-06-18 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Ахӏмадил бакъназул нур свине гьечӏо\nЦӏурмилов Ахӏмад. Магӏарул музыкалияб маданияталда хасаб хатӏги лъалкӏги тарав бакъназул устар\nАхӏмад гьавуна Гъуниб районалъул Шулани росулъ 1908 соналъул 19 июналда. Гьесул эмен Гӏабдулхӏамидил кӏудияб къадру-къимат букӏана гьудул-гьалмагълъиялдаги росуцояздаги гьоркьоб. Халатал хасалил сардаз гьел гӏемер данделъулаан Цӏурмиловазул рокъор. Магӏарул кечӏ-бакъанги кьурди-хъатги — гьеб кинабго рагӏулаан ва бихьулаан гьитӏинав Ахӏмадида. Гьесги хӏаракат бахъулаан халкъиял бакънал ракӏалда чӏезаризе. Гьитӏинго ругьунлъана Ахӏмад чагуралда бакънал рачинеги.\nВукӏинесев машгьурав композиторасул букӏана цӏакъго захӏматаб лъимерлъи. Амма гьесул хвасарлъи букӏана магӏарул бакъаналъулъ. Гьелде бугеб рокьи санал анагӏан тӏегьалебги букӏана.\nТӏоцебе Ахӏмадица 1933 соналда гӏуцӏана гӏагараб районалда хоралъул кружок. Гьесул нухмалъиялда гъоркь чанги церерахъана гъунисел республикаялъул музыкалиял фестивалазда.\nДагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи», «Хӏурматалъул гӏаламат» орденалъул кавалер Ахӏмад Цӏурмиловасул бакъназда куркьбал гъуна магӏарул машгьурал кочӏохъаби Муи Хӏасановалъ, Маржанат Мирзаевалъ, Асият Якъу-бовалъ, Патӏимат Хӏайбулаевалъ, Гӏайшат Мазаловалъ. Ахӏмадил бакъназухъ гӏенеккана Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги.\nАраб анкьица «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда данделъун рукӏана композитор ракӏалдещвезавизе ва гьев гьавуралдаса 110 сон тӏубаялъул хӏурматалда Гъунир тӏоритӏизе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ бицине. Данделъиялда гӏахьаллъана Гъизляр шагьаралъул стоматологияб поликлиникаялъул бетӏерав тохтур Ахӏмад Саламов; композиторал Абусупян Гӏалихъараев, Каримула Гӏабдулаев, Варис Нуров; кочӏохъан Мухӏамад-Тӏамир Синди-къов; гӏалимзаби Зикрула Илясов, Ахӏмад Муртазагӏалиев, Денга Халидов; Гъуниб районалъул культураялъул рукъалъул нухмалъулей Патӏимат Абакарова. Данделъи рагьана ва нухда бачана Гӏали Камаловас. Гьезул щивасда батана композиторасул гӏумруялъул ва гьунаралъул хӏакъалъулъ абизе рагӏи.\nГӏали Камалов, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор:\n— Дида тӏоцеве Ахӏмад Цӏурмилов вихьана 1961 соналда, Гъунив 7 классалда цӏалулеб мехалда. Гьесул рукъалда аскӏосан унаан школалде-нахъе. Кидаго гьенисан рагӏулаан магӏарул бакънал. Гьев коляскаялда вачӏунаан Гъуниб майданалде. Гьенир гьесда сверухъ ракӏарулаан гӏадамал (захӏматаб унтудаса хадуб, гьесул бохдузе операция гьабун букӏана), гьес мандолинаялда рачунел бакъназухъ гӏенеккизе. Ахӏмадица магӏарул маданияталъеги адабияталъеги нахъе тана кӏудияб ирс. Гьесул бакъназ бечед гьабуна миллияб музыкалияб маданият.\nАхӏмад Цӏурмиловасул бакъназул букӏана гӏажаибаб чвахи. Бакъназ гьабулеб асарги гьединабго гӏажаибаб букӏана. 19 июналда Гъуниб росулъ букӏине буго гьес 110 сон тӏубай кӏодо гьабун данделъи. Магӏарулаз цоги нухалда ракӏалдещвезавила бакъназул устар. Гьес нахъе тана цӏакъ кӏудияб рухӏияб бечелъи. Гьале дида цебе буго Москваялда вугев тохтур, Мухӏамад Гӏабдулхабировасул кагъат. Гьес кагътида бицунеб буго Ахӏмадил бакъназда Муи Хӏасановалъ ахӏулел кучӏдуз жиндиего гьабулеб букӏараб асара-лъул хӏакъалъулъ. Гьедин абизеги буго Ахӏмадил бакъназ асир гьавурав щивав магӏарулас. Щайгурелъул гьел рукӏана нилъер, магӏарулазул бакънал – миллаталъул тарихги, яхӏги, махӏги бугел.\nАбусупян Гӏалихъараев:\n— Дида лъикӏ лъалаан Ахӏмад. Музыкалияб училищеялда цӏалулев дун гӏемер щолаан гьесухъе Гъуниве. Дица нотаби хъвалаан гьес мандолинаялда рачунел бакъназе. Гьесул рукӏана гӏадамазе рокьулел, гьез къабул гьарулел, рекӏелъе рортулел бакънал. Хасаб музыкалияб лъай гьечӏониги, гьес хъварал бакъназ квербакъана магӏарул халкъияб кечӏ цебетӏеялъе. Ахӏмадил рокъоса киданиги камулароан гӏадамал. Рачӏунаан гьесухъе, сахлъи цӏехонги, рачӏунаан гьесул бакъназухъ гӏенеккизеги. Жиделъ хасаб чӏаголъи бугел руго гьесул бакънал жакъа къоялъги. Цого-цо квеш ккараб жо буго гьел бакънал жакъасел кочӏохъабазда лъалел гьечӏолъи.\nГӏадан хӏисабалда восани Ахӏмад, гьесулъ букӏана цӏакъго гӏемераб рухӏияб бечелъиги.\nАхӏмад Саламов:\n— Инсул кумекалдалъун ккана дирги Ахӏмадилги лъай-хъвай. Гьеб букӏана 1959 сон. Гьев Гъуниб росдал школалда директорлъун хӏалтӏулев вукӏана. Ахӏмад хӏалтӏулев вукӏана районоялда бетӏерав бухгалтерлъун. Анкьабилеб классалъул цӏалдохъан дунги вачун вукӏана инсуца цо нухалда Ахӏмадихъе гьоболлъухъ. Дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна гьес мандолинаялда рачунел бакъназ. Дидаги лъалаан мандолинаялда бакънал рачине. Ва цо нухалда дицаги рачана гьел бакънал Ахӏмадида цере. Цинги гьес дида абуна анкьида жаниб лъабго нухалда жиндихъе вачӏине кколин дунилан. Профессионалияв музыкант дир вахъинчӏо, дица тӏасабищана мединститут. Амма ро-къоб къедаса камичӏо мандолина. Гьелда берчӏвайдал, гьанжеги ракӏалдещола Ахӏмад Цӏурмилов.\nКаримулагь Гӏабдулаев:\n— Магӏарул миллат берцин гьабурал гӏадамал жаниб гӏураб район буго Гъуниб. Гьезул цояв ккола Ахӏмад Цӏурмиловги. Гьадинал «хасал» гӏадамазул бицунел данделъаби гӏемер тӏоритӏани, гӏун бачӏунеб гӏелалда бичӏчӏизе буго миллияб музыкалияб маданияталъул тӏокӏлъи. Жакъасел кочӏохъабазул гӏемерисез кучӏдул ахӏулел руго къватӏисел пачалихъазул бакъназда. Нилъерабго берцин бихьулеб гьечӏо. Гьезда лъалелцин ратуларо Ахӏмад гӏадал композиторазул бакънал. Нилъерго машгьурал умумузул хӏакъалъулъ гӏолилазе бицине тӏадаб буго нилъеда — чӏахӏияб гӏелалда. Кӏудияб баркала буго Патӏимат Абакаровалъе пайда цӏикӏкӏараб тадбир тӏобитӏизе ракӏалде ккаралъухъ. Дида Ахӏмад лъалароан, гьесул заманалда дун гьитӏинав чи вукӏана. Амма гьесул бакъназ дир гьунар цебетӏеялъулъ лъуна хасаб бутӏа.\nЗикрула Илясов:\n— Жакъа къобахъанагӏан республикаялда хӏалуцунеб буго рахьдал мацӏал малъиялъул ва цӏуниялъул суал. Магӏарул мацӏ нилъеда цӏунизе кӏвечӏони, кинаб мацӏалда, масала, нилъеца ирсилазе бицинеб Ахӏмадил бакъназул хӏакъалъулъ.\nШколалда цӏалулеб мехалдасаго бокьулаан дие магӏарул халкъалъул кечӏ-бакъан. Гьеб дие бокьиялъулъги кӏудияб бутӏа лъуна Ахӏмадил бакъназ. Хасго асар гьабула пашманаб бакъаналда, гьединалго пашманал рагӏабазда ахӏулеб гьесул кечӏалъ:\n— Ракӏ буго дир къваридго,\nКъорид ккураб бацӏилгӏан.\nБерал руго чвахулел,\nЧвахун балеб цӏад гӏадин.\nЦохӏо гьеб кечӏ хъван букӏара-банигицин, Ахӏмадил цӏар хутӏизе букӏана наслабазе.\nВарис Нуров:\n— Гӏадамал рачӏуна-уна. Амма ракьалда хутӏула гьезул лъикӏал ишал. Дида Ахӏмад лъалароан. Амма дир рекӏелъ хасаб бакӏ ккуна гьесул бакъназ. Гьезулъ бугеб берцинлъиги, гъварилъиги, нурги. Гьеб нур киданиги свинаро.\nЛъиениги балъголъи гуро гьаб ахираб заманалда магӏарул кочӏолаб маданияталда бугеб ахӏвал-хӏал. Бачунеб бакъаналъулги ахӏулел рагӏабазулги гьечӏо кинаб бугониги магӏна. Масала, магӏарулин цӏар бугеб концерталде ани, ахиралде щвезегӏан гӏенеккизе сабру гӏоларо. Цере хасаб комиссиялъ къабул гьаричӏел бакъналгун церера-\nхъунароан кочӏохъаби. Гьанже гьелъул ургъел гьабулев чи гьечӏо. Рагӏулел гьечӏо Ахӏмадил бакънал. Гьел лъалелго ратиларо гьанже ругел кочӏохъабазда. Гьадинал тадбирал тӏоритӏани, лъазе руго гьезда ва магӏарулазул гӏолеб гӏелалда Ахӏмадги гьесул заманалъул кочӏохъабиги.\nМухӏамад-Тӏамир Синдикъов:\n— Дидаги лъалароан Ахӏмад. Амма гьесул бакъназ кӏудияб бакӏ ккола дир кочӏолаб дунялалда. Цӏакъ рокьула гьесул бакънал. Баркала буго гьаб тадбир гьабизе ракӏалдещваразе. Гьадинал тадбираз куцала нилъер гӏолилазулъ миллияб маданияталдеги адабияталдеги рокьи. Гьез ругьун гьаризе руго нилъералъулго адаб гьабизе. Жакъа кочӏохъабиги кечӏ-бакъанги цодагьал батӏиял руго. Нилъеца хӏаракат ба-хъизе ккола халкъалъул кочӏохъаби халкъалъухъего тӏадруссиналъе хӏал-тӏи гьабизе.\nПатӏимат Абакарова:\n— Школалъул программаялда букӏа, культурияб гӏумруялда букӏа, нилъеда нилъераздасаго чиярал лъикӏ лъала. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго жакъасеб магӏарул кочӏолаб дунялалдаги. Гьединал концертаздаса дун тӏадюссуна рекӏелъ чӏобогояб асаргун. Цониги кочӏохъанас ахӏулел гьечӏо кучӏдул Ахӏмадил бакъназда. Гьезулъ гурищ бугеб магӏаруллъиялъул берцинлъи. Хьул буго жакъасебги ва 19 июналда, Ахӏмад гьавураб къоялъ, Гъуниб тӏобитӏизе бугеб тадбиралдасаги хадуб, кочӏохъабаз Ахӏмадил бакъназде кӏвар кьелилан.\nДенга Халидов:\n— Дун вохарав вуго гьаб тадбиралда гӏахьаллъизе рес щвеялдаса. Гьаниб жакъаги бицен гьабуна рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏала-лъул хӏакъалъулъ. Ахӏмад Цӏурмилов гӏадал миллаталъул чӏухӏилъун кколел гӏадамазул хӏакъалъулъ лъазе ккола гӏун бачӏунеб гӏелалда. Гьаб тадбирги ккола магӏарул мацӏги, адабиятги, маданиятги цӏунизе гьабулеб бугеб иш. Биччанте магӏарулазда, хасго гӏолилазда, цоги нухалда рагӏизе Ахӏмадил бакънал. Гъуниб тӏобитӏизе бугеб тадбиралда гьединго гӏахьаллъизе ккола магӏарул цогидал районазул вакилзабиги.\nАхӏмад Муртазагӏалиев:\n— Магӏарул кочӏол буго кӏудияб тарих. Гьелъ асир гьарурал гӏемерал рукӏана ва руго. Масала, Кавказалъул рагъдаса хадуб Гъуниб комендантлъун вукӏарав Кармалинил лъади Любовь Кармалиница 1860-абилел соназдаго хъван руго магӏарул бакънал. Махсуд Гӏалихановасул харбаздаса гӏуцӏараб «Дагъистаналъул сухъмахъаздасан» абураб тӏехьалдаги бицен гьабулеб буго магӏарул бакъназул хӏакъалъулъ. Амма жакъасеб гӏелалда гьел лъалел гьечӏо, лъалел гьечӏо Ахӏмадил бакъналги. Гьесулги дир эмен Муртазагӏалиев Мухӏамадилги (ДГУялъул преподаватель) букӏана лъикӏаб гьудуллъи. Гьел гӏемер щолаан цоцахъе тӏаде-гъоркье. Ахӏмадида гъваридго лъалаан магӏарул мацӏги. Гьелъие хӏужалъун ккола цо гьадинаб лъугьа-бахъинги:\nИнсуца лекция цӏалулелъул, магӏарул мацӏалъул цо рагӏиялда тӏасан бахӏс ккун буго. Цинги гьес Ахӏмадида цӏехон буго гьеб рагӏул магӏна. Дос жаваб хъван бачӏараб кагъат жеги цӏунун буго нижер рокъоб. Ахӏмадил бакъназ бечед гьабуна магӏарул бакъназул дунял. Биччанте 19 июналда Гъуниб тӏобитӏизе бугеб Ахӏмадил бакъназул къо лъугьине магӏарул кочӏол байрамлъун.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1910-zakhimal-abazukh-balagichiogo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1910-zakhimal-abazukh-balagichiogo", "title": "Захӏмалъабазухъ балагьичӏого", "date": "2018-06-21 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Цере гӏадинал квалквалал гьечӏо гьанже\nЦебе мугӏрузул районазде газетал ва журналал жиндир заманалда щунгутӏиялъул масъала букӏана. Ахирал соназда, абизе бегьула, гьеб рахъ роцӏанин, подписчиказухъе газетал щола гьел къватӏире риччарал къояздаго.\nМашинаялдаги лъун, росабалъе поч щвезабула Мухӏамадкамилов Гъазимухӏамадицаги. Хасго, хасало гӏазу бараб мехалъ, Бежтӏаса Кидиро, Мокъокъ ругел почалъул отделениязде хьвадулаго, Гьинухъ габурлъиялдаса вахине захӏмалъи букӏунаанилан бицуна гьес, гьединго захӏматал нухал ругила Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏеги.\nЦересел соназда анкьида жаниб цо-кӏиго нухалъ отделениязде поч щолеб букӏун батани, жакъа анкьида жаниб лъабго нухалда щола подписчиказухъе газетал ва журналал, гьелъул хӏасилалда гӏадамалги разиго руго почалъул хӏалтӏухъабаздаса.\nГӏиса Гӏабдулаев"}
{"slug": "1911-galmag-asul-khiak-al-ul-ragii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1911-galmag-asul-khiak-al-ul-ragii", "title": "Гьалмагъасул хӏакъалъулъ рагӏи", "date": "2018-06-21 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Рукъалдасаги цебе кколаан гьес школа\nНаслабаз мисал босизе мустахӏикъаб ирс нахъе тана Ибрагьимхалилица\nШамил районалъул Тӏидиб росдал школалде щванщинахъе битӏахъе рухӏдаллъизе бачӏуна. Киса-кибго бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъги, гьимун гурони кӏалъаларел учительзабазгун цӏалдохъабазги рекӏее гьабула лъикӏаб асар. Гьаб нухалда гьениве щведал, доб цебе гӏадаб чӏаголъи гьечӏолъи бихьулеб букӏана. Гьелъие гӏиллаги букӏана 50 соналъ росдал школалъе нухмалъи гьабурав Россиялъул мустахӏикъав учитель Ибрагьимхалил Гӏалиев нилъеда цадахъ гьечӏолъи. Амма гьесул ишал, насихӏатал, малъа-хъваял кӏочон гьечӏо ва, гьеб кинабго кӏоченчӏого букӏинелъун, школалъул къадада чӏвана Ибрагьимхалилил цӏар тӏад хъвараб мемориалияб хъарши. Гьесулго цӏар кьуна школалъеги.\nБечедаб, наслабаз мисал босизе мустахӏикъаб ирс нахъе тана Гӏалиевас. Гьесул бажариялдалъун банин абизе бегьула росулъ гьеб школаго.\nМемориалияб хъарши чӏвалеб тадбир нухда бачана директорасул ишал тӏуралей Асият Гӏабдурахӏмановалъ, ва гьенир кӏалъазе рахъана Дагъистаналъул медцентралъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Асиятилов, Шамил ОНОялъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиев ва цогидалги. Гьез бицана гьидерил ракь бугин гӏемерал машгьурал гӏалимзабиги гӏакъилзабиги жанир рахъараб бакӏ ва гьединазулъ мустахӏикъаб бакӏ кколин Ибрагьимхалилицаги.\n— Гьев вукӏана унго-унгояв гӏуцӏарухъан. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна школалъул цӏар республикаялдаго рагӏизабизелъун. 2008 соналда гьелъие щвана школа-миллионер абураб цӏар. Тарихалъул учитель А. Ахъбердилов 2013 соналда мустахӏикълъана «Россиялъул бищун лъикӏав учитель» абураб цӏаралъе. Ибрагьимхалилие рукъалдасаги хирияб букӏана школа, — ян бицана Ибрагьим Хӏажиевас.\n— Ибрагьимхалил вукӏана школалъул нухмалъулев гуревги, гьидерил жамагӏаталъего хӏажатав чи. Барщарал рекъезаризеги, питна-кьалалда ругезда гьоркьоб маслихӏат гьабизеги вортулаан гьев. Мех-мехалда дихъеги ахӏун бачӏунаан заводалда хӏалтӏулел Тӏидиб школа лъугӏарал гӏолохъабазул хӏакъалъулъ цӏехон, — ан бицана КЭМЗалъул директор Ибрагьим Ахӏматӏовас.\nА. Ахъбердилов – ДРялъул мустахӏикъав учитель, Тӏолгороссиялъул учительзабазул конкурсалда 2013 соналда – «Россиялъул бищун лъикӏав учитель» цӏар щварав.\n— Гьабсагӏат росулъ гӏумру гьабун ругезул гӏемерисезе тарбияги лъайги кьурав чи вуго Ибрагьимхалил. Гьесул инсулаб тӏалаб камичӏо диеги, цадахъ хӏалтӏулезеги. Республикаялдаго машгьурав чиги вугелъул, ракӏалде ккана гьесул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе. Амма гьес гьеб пикру аскӏобе къазе биччачӏо. Дуца школалъул хӏакъалъулъ хъвайилан абуна гьес. Гьев вукӏана унго-унгояв дипломат, — ан бицана Ахъбердило Ахъбердиловас.\nГӏ.-В. Хӏажиев — районалъул администрациялъул бетӏерлъун хӏалтӏарав:\n— Аллагьас инсанасе кьурал лъикӏалщинал гӏамал-хасиятал чорхолъ рессарав чи вукӏана Гӏалиев, — ан абуна райадминистрациялъул бетӏерлъун хӏалтӏулев вукӏарав Гӏабдулвахӏид Хӏажиевас. — Гьединаблъун куцана гьес гӏолеб гӏелги. Ибрагьимхалилил росуцояв Теручил Хӏажияс цо нухалда абуна, гьев кинав чи вукӏаравали бицунин гьесул юбилей тӏобитӏулагоги хадуб ахираталъул рокъове тӏовитӏулагоги гьанире рачӏарал рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазухъ балагьунилан.\nЖакъа Тӏидиб росдал школалда хӏалтӏулев вуго РФялъул мустахӏикъав учитель, ДРялъул мустахӏикъав учитель абураб цӏар щварав 5 учитель, РФялъул лъайкьеялъул 2 отличник, ДРялъул лъайкьеялъул 12 отличник, лъайкьеялъул хӏурматияв 13 хӏалтӏухъан. Гьеб хӏужаялъги бицуна гьеб росдал школалъул тӏадегӏанлъиялъул ва гьелъие кьучӏ лъурав Ибрагьимхалил Гӏалиевасул хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ.\nСайпула Гьитӏинамухӏамадов"}
{"slug": "1913-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1913-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "title": "Метер магӏарул мацӏ хвезе батани…", "date": "2018-06-21 00:00:00", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Мацӏалдаго цадахъ миллатги тӏагӏуна\nМиллияб мацӏалда нацӏцин баладай?\nГӏемераб ахӏи-хӏур гьабуна «РФялъул Лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абулеб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъул проекталъ. Гьелъул нижеца газеталъул гьурмаздасан гӏемер бицана. Гьале гьанже гьеб законопроект гьоркьоб лъей нахъе тӏамуна ва гьелда тӏад жеги хӏалтӏизе кколин лъазабуна. Амма кинаб хӏукму гьабизе бугеб Пачалихъияб Думаялда цӏидасан гьелде тӏадруссиндал? Кинаб букӏине бугеб нилъер мацӏалъул ва миллатазул къисмат абураб суал буго нилъеда цебе.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул Гӏелмуялъул ва лъайкьеялъул комитеталъул депутатаз абулеб буго гьеб батӏияб-цӏияб хӏукму кколарин, жакъаги нилъер республикаялъул школазда миллияб мацӏ, эбел-инсуца ва цӏалдохъанас тӏасабищун, лъазабулин. Гьединлъидал гьанже къабул гьабулеб законалъул проект кколин цӏалдохъабаз миллиял мацӏал жидеего бокьун лъазарулеб къагӏида щула гьаби. Гьеб гуребги, законал, миллиял мацӏазул жакъа бугеб статус хисизабулеб гьечӏин, гьел школалъул цӏалул планалъул базиснияб бутӏаялда рукӏине ругин. Гьаниб буго цо дандеккунгутӏи. Цӏалул планалъул базиснияб бутӏа ккола закон ва гьениб бугеб предмет чара гьечӏого лъазабизеги ккола. Депутатаз бицунеб миллиял мацӏал цӏалдохъабаз жидеего бокьун лъазаризе бегьулин абулеб жоялъул магӏна щибха? «ДРялъул лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абулеб законалъул 10-абилеб статьяялда хъван буго: «Лъайкьеялъул пачалихъиял ва муниципалиял идарабазда гӏурус мацӏгун цадахъ Дагъистаналъул халкъазул мацӏалги, тӏадаб предмет хӏисабалда, лъазари чара гьечӏеблъун буго», — ян. Кибха гьениб хъван бугеб жидеего бокьун лъазабизе бегьулин? Гьанже хӏисаб гьабе «РФялъул лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абулеб федералияб закон хисизабизе ургъулеб бугеб ахӏи бахъинабураб №438863-7 законалъул проекталда хъвалеб бугеб жоялъул. Гьелда рекъон, санаде рахинчӏел школлъималазул эбел-инсул ихтияр буго, лъимадуе аслияб гӏаммаб лъай щвезегӏан, миллияб мацӏ факультативияб къагӏидаялда, ай бокьани гурони лъазабулареблъун рикӏкӏине. «Гьеб проекталъ миллиял мацӏазул жакъасеб статус хвезабуларин» Халкъияб Собраниялъул цо-цо депутатаз абулеб жо гьереси кколарищ? Гӏемерисез абулеб буго гьеб бугила миллиял мацӏазе бухъулеб хобилан. Гьединлъидал Дагъистаналъул батӏи-батӏиял жамгӏиял идарабаз Пачалихъияб Думаялде хитӏаб гьабулеб буго гьеб законалъул проекталъул рахъккогейилан гьарун.\nГӏемерисез рикӏкӏунеб буго гьеб миллиял мацӏазе бухъулеб хоблъун. Гьединлъидал Дагъистаналъул батӏи-батӏиял жамгӏиял идарабаз Пачалихъияб Думаялде хитӏаб гьабуна гьеб законалъул проекталъул рахъккогейилан. Гьелда сверухъ букӏана нижеца гӏадамазулгун гьабураб гара-чӏвариги, нижее лъазе бокьун букӏана гӏадатиял дагъистаниязул пикруги.\nГӏабдулаев Салман, Табасаран районалъул Дагъни росулъа ДГУялъул филологияб факультеталъул студент:\n— Дида лъикӏ лъала рахьдал мацӏ. Ракӏалда буго гӏагараб мацӏалъул гӏелмуялда тӏад хӏалтӏизе ва школалда гьелъул дарсал кьезе.\nМиллиял мацӏазде тӏадецуй гьаби дида мекъаблъун бихьула. Мацӏ тӏагӏани, миллат билула. Мацӏ буго, цӏуне ва бечед гьабеян васиятгун, умумуз нилъее тараб къиматаб хазина, гӏарац-месед кьун босизе щолареб бечелъи. Нилъеда тӏадаб буго, ясбер гӏадинги цӏунун, хадусеб гӏелалъухъе гьеб кьезе.\nМирзаханов Мухӏамад, Дахадаев районалъул Харбук росулъа ДГУялъул студент:\n— Мацӏ ккола инсанасул рухӏияб бечелъи, нилъер умумуз нус-нус соназ бечед ва камил гьабураб, щиб балагь бачӏаниги, цӏунун нилъехъе кьураб къиматаб сайгъат. Мацӏ ккола халкъалъул тарих, гӏумру. Рахьдал мацӏ лъаларев чи ккола жиндирго къимат гьабуларев чи.\nИбрагьимов Мухӏамад, «Надежда» абураб республикаялъул реабилитациялъулаб централъул директор:\n— Рахьдал мацӏ тӏагӏинабизе ургъулев чи гӏенеккизе ккела дунялалда цӏар рагӏарав Расул Хӏамзатовас абурал рагӏабазухъ:\nМетер магӏарул мацӏ хвезе батани,\nХваги дун жакъаго,\nжаниб ракӏ кьвагьун…\nМагӏарул мацӏ хвани, тӏагӏуна миллат, билула эбел-инсуде бугеб адаб-хъатир, магӏарулазул хаслъи ва тӏабигӏат. Капурзабиго гӏадин, нилъ ругьунлъула наркотиказде, гьекъолдиялде ва хъахӏбалъиялде.\nДир буго лъабго лъимер ва гьезул ичӏго лъимер. Киназдаго лъала рахьдал мацӏ. Гӏурус мацӏалъ кӏалъай школалда, хӏалтӏуда, амма рокъоб букӏине ккола магӏарул мацӏ. Рахьдал мацӏ лъаларев чи дица магӏарулавлъун рикӏкӏунаро.\nУдаев Мирза, Гъуниб районалъул Мохӏоб росулъа, ДРялъул мустахӏикъав тохтур-травматолог:\n— Миллаталъе миллияб мацӏ ккола инсанасул черхалъе мугъзагьод гӏадаб щулалъи. Мугъзагьод бекани, чиясул къагӏида хола, мацӏ тӏагӏани, миллат букӏунаро. Квеш ккараб жо буго гӏемерисел гӏолохъанал дагъистаниязда гьеб пикру бичӏчӏуларого букӏин. Гьеб бугоха жидеда эбелалъул мацӏалдаса чияр мацӏ берцин бихьулилан абулеб жо, ай жидерго адаб гьабунгутӏи. Даргиязулги магӏарулазулги мацӏал дие гӏагарал ккола, гьеб ккола дир бечелъи.\nГӏумаров Мурад, художник:\n— Цебего заман щун буго учительзабазги, гӏалимзабазги, эбел-инсуцаги, миллиял мацӏазул къимат лъалезги тӏалъиялде ахӏи базе, ООНалде гӏунтӏун хитӏаб гьабизе. Миллиял мацӏал гьечӏони, гьечӏо Дагъистан, гьечӏо нилъер миллатал, лъараца уна дагъистаниязул рухӏияб бечелъи. Дунялалдаса тӏагӏун унел ругел хӏайванал ва чӏахӏ-хер нахъе цӏуниялъул мурадалда гьел Багӏараб Тӏехьалде росула, цебего заман щун буго тӏагӏун ине хӏинкъи бугел гӏисинал халкъазул мацӏазе хасаб Багӏараб Тӏехь гӏуцӏизе.\nГьитӏиномухӏамадов Хӏусен, «Азия» турфирмаялъул учредитель:\n— Хӏухьелккун бицуна нилъер радио-телевизоралъ Латвиялдаги Украинаялдаги гӏурус мацӏ лъазабиялъе квекӏен гьабулеб бугин. Нилъерго улкаялда гӏисинал миллатазул мацӏал лъазариялъе ва цӏуниялъе хӏукуматалъ гьабулеб квекӏеналда лъолеб цӏар щиб? Байбихьул классазда киналго дарсал миллиял мацӏазда кьезе ккола. Гӏажаибаб жо, диниял чагӏаз абула лъималазда гӏараб мацӏ малъейилан, «гӏакъилзабаз» — ингилис мацӏ лъазабейилан. Анцӏго соналъ цеве Дагъистаналде вачӏун вукӏарав, жинда къого батӏияб мацӏ лъалев немцав Клаусилгун ккараб гара-чӏвариялда гьес абуна, магӏарул мацӏалдаса берцинаб ва камилаб мацӏ жинда рагӏичӏин. Нилъеца цӏуничӏони, лъицаха цӏунизе бугеб рахьдал мацӏ? Миллияб мацӏалда нацӏ базе тезе бегьуларо.\nГьеб масъалаялда сверухъ социалиял гьиназдаги унел руго кор бокьарал бахӏсал. Масала, Гӏабдула абулев чияс хъвалеб буго: «Дидаги, дир лъималаздаги, гьезул лъималаздаги магӏарул мацӏ лъаларо. Гьеб цӏакъ квеш буго, росуцояздаса дун нечон вукӏуна».\nЦӏар абизе бокьичӏев: «Щибизе дир лъималазе рахьдал мацӏ? Гӏумру гьабун дир вас Москваялда вуго, яс Франциялда йиго. Щивгун гьел гьенир магӏарул мацӏалда кӏалъазе ругел? Щай школалда цӏалулев дир гьитӏинав васасе магӏарул мацӏ? Лъугӏила школа, ина гьев жиндиего чед балагьизе гӏалагъважа гӏемераб Дагъистаналдаса. Тӏадчӏун гьес лъазабулеб буго кибго хӏажалъулеб ингилис мацӏ, гьелъул кумек букӏина гӏумру гӏуцӏизеги, гӏадамалъе вахъинеги. Жакъа нилъер буго батӏияб гӏумру, гьеб нилъеда рекъечӏони, нилъ гьелда рекъон гӏумру гьабизе ккола. Магӏарул мацӏ ккола архаизм, гьелъул гӏасру ана».\nХадурагӏи\nДир пикруялда, миллиял мацӏал тӏагӏинариялъе гьарулел тадбирал ккола нилъер тӏалъиялъ киналго гӏадамал цо коцонир кьабизелъун, ай тӏубанго цоцада релълъараб гӏалам лъугьинабизелъун ургъунго гьабулеб макру. Бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабун, хӏинкъизарун коммунистазги нилъ миллияб ратӏлидаса инкар гьабизе тӏамуна. Хадуб, «некӏсиял, гьаб заманалда дандекколарел миллатазул гӏадатазда» тӏад малги чӏун, чияр гӏадатазде ругьун гьаруна.\n1927 соналда Гьидалъ участковияб больница рагьана асатӏинав Михаил Бугуловас. Гӏемерал чагӏазул гӏумру хвасар гьабуна гьес, гӏемераб гьудул-гьалмагълъи букӏана гьесул гьениб. Гьениса ун, лъеберго соналдасан гьидерица гьев жидехъего гьоболлъухъ ахӏана. Цӏакъ разиго вукӏана гьев цӏидасан Гьидалъе щвеялдасаги гьидерица гьабураб хӏурматалдасаги. Гӏемерал берцинал рагӏаби абуна гьес гьидерил жамагӏаталъул хӏакъалъулъ. Амма цо гӏодобчӏеялда гьес абуна: «Кинабго лъикӏ буго, амма цо бадибчӏвайги бугебха дир нужее. Гьаниве вачӏунеб мехалъ, ракӏалда букӏана хасаб берцинлъиялъул, лъидаго релълъинчӏеб узданлъиялъул ретӏелги ретӏун, дандчӏвай гьабилин нужеца дидаян. Гьеб букӏана нужер гӏамал-хасияталда, гӏумруялда, сверухъ бугеб тӏабигӏаталда рекъараб ретӏел, гьеб нужеца Европаялъул формаялъухъ хисун буго. Гьанже нуж киназдаго релълъана, цогидаздаса ратӏарахъизе кӏоларо. Гӏайиб гурищ?» — ан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1914-ege-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1914-ege-2018", "title": "ЕГЭ-2018", "date": "2018-06-21 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Лъимал хӏинкъизарулеб «хӏапуч»\nЭкзаменал халатрахъине руго кӏиабилеб июлалде щвезегӏан\nЛъимал хӏинкъизарулеб «хӏапуч»\nЭкзаменал халатрахъине руго кӏиабилеб июлалде щвезегӏан\nДагъистаналда гӏурус мацӏалъул ЕГЭ кьуна 12 азаралда 668 выпускникас. Исана ЕГЭ тӏобитӏулеб куцалъухъ халгьабизе республикаялде вачӏун вуго Москваялдаса 120 чи. Гьел гьанире рачӏиналъул мурадги буго нилъер лъималаз экзаменал ракӏбацӏцӏадго кьолел ругищали халгьаби.\nБитӏараб буго. Экзаменал тӏоритӏизе ккола ракӏбацӏцӏадго. Амма школалъул аудиториязда лъималазда хадуб кутакаб хъаравуллъи ккунилан, гӏадлу-низамалде бачӏинадайха киданиги сахлъизе рес гьечӏеб «унтуца» унтун бугеб Дагъистан ва къойидаса къойиде ришватчилъиялъ кодобе босулеб бугеб республикаялда рацӏцӏадал экзаменал кьезе ресго бугищ? Лъималаздасанищ байбихьулеб бугеб ришватчилъиялде данде рагъ байги?\nДоб, цояз какулеб, цогидаз беццулеб советияб заманалдаги цо классалда вукӏунаан лъабго-ункъо отличник, хутӏарал — гьоркьохъеб хӏалалда цӏалулел. Гьанжеги гьединго буго. Амма батӏаго гьел «троечниказул» яшав босани, отличниказулалдаса къураб батуларо. Доб мехалда, экзаменазе кумек гьабулеб букӏараб батаниги, цогӏаги лъабилаб бугев чиясда ракӏалдего кколароан вузалде цӏализе ине. Гьанже баллал гӏуни, бокьараб вузалде унел руго. Цӏакъго рекӏекълъизе бачӏана цо пуланай эбелалъул каламалъухъ гӏенеккидалги.\n— Яс цӏализе абизегӏанго лъикӏай йикӏинчӏо, гьединлъидал ракӏалде ккана гьелъие педуниверситет гӏелин, — абун.\nКинха гьединай цӏалдохъаналъе гӏурал баллал щварал? Лъай-хъвай яги гӏарац бугони, гьебги бицинегӏан захӏматаб суал батуларо. Нилъеда гӏемер рагӏулел руго, гьебги санайил, ЕГЭязда кколел къваригӏел гьечӏел ишазулги.\nХалкколелин цӏар бугел чагӏиги, эксперталги, Москваялдаса гьалбалги тӏамизе бокьилан, аскӏове щивго къазеги течӏого, киса-кибего полициялъулаз цӏураб сверухълъиялда, туалеталдегицин жалго риччалареб ахӏвал-хӏалалда, тӏаде видеокамерабиги ритӏизарун, ЕГЭ кьезе. Чан чиясухъадай гьеб бажарилаан!?\nКиналго лъималазул цого къагӏидаялда лъай букӏунареблъи лъалеб жо буго. Амма, ЕГЭялъул цӏарги бахъун, цӏияб цӏалул сон байбихьаралдаса нахъе хӏинкъизарула лъимал. Гьедин бугеб мехалда лъикӏал цӏалдохъабазгицин, ичӏго класс лъугӏидал, школа рехун тола. Гьаб кинабгоги буго гӏемераб бицараб, хӏасил кколареб хабар. Кин батаниги, яхӏго гьабизе кӏолеб гьечӏо юцӏцӏун чӏезеги гӏун бачӏунеб гӏелалда аскӏоб гьабулеб бугеб рекъечӏеб иш бихьидал. Дица абула жалго ЕГЭ ургъаралги, гьелъие материал хӏадур гьабулелги — киналго бокьилаанин ЕГЭ кьезе тӏамизе нилъеда цебесан."}
{"slug": "1915-giamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1915-giamal", "title": "Гӏамал", "date": "2018-06-21 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рамазаналъул чодронир\nМоскваялда ругел дагъистаниял кӏалбиччазелъун\nданделъун рукӏана мажгиталда\nГьеб дандеруссиналъул мурадлъунги букӏана «Аварагзаби ва гьезул гӏамалал» абураб темаялда тӏасан хабар бицин.\nТадбир рагьана Къуръаналъул аятал цӏалиялдалъун, Москваялда йигей Дагъистаналъул вакил Изумруд Мухӏудиновалъ абуна данделъаразде киназдего салам битӏун бачӏун бугин Дагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасгиян. Гьенирго рихьизаруна Сулейман аварагасул гӏумруялъул ва рамазан моцӏалъул хиралъиялъул хӏакъалъулъ бицунел фильмалги.\nКӏалбиччаялъул тадбиралда кӏалъаял гьаруна Москваялъул муфти Илдар Алягӏудиновасги, Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталъул имамасул заместитель Мухӏамад Къурбандибировасги, цогидазги.\nТадбиралда нашидал ахӏана Хӏамзалав Хӏамзаловасги Гӏали Мухӏамадовасги. Гьединго гьеб тадбиралде рачӏарал ралагьана Расул Хӏамзатовас «Росдал мажгит» абураб кечӏ рикӏкӏунеб видеороликалъухъги.\nДандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул «ННТ» телеканалалъул журналист Мухӏамадрасул Абакаровас."}
{"slug": "1942-zamanalda-sakhgabichioni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1942-zamanalda-sakhgabichioni", "title": "Заманалда сахгьабичӏони…", "date": "2018-06-22 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Нугӏаздаса цӏуниялъе цӏодорлъи гьабизе тӏадаб буго щивав чиясда\nИхдал ва риидал нилъеца гӏемерисеб заман тӏабигӏаталда тӏамулелъул, кӏочене бегьуларо гьеб заманалда нугӏазул хӏаракатчилъи цӏикӏкӏунеблъиги ва гьездаса инсанасе хӏинкъи букӏунеблъиги. ДРялъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, нугӏалъ хӏанчӏиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай гьабуразул къадар исана лъабнусго чиясде бахун буго. Тохтурзабаз абулеб буго нугӏалъ хӏанчӏунилан бицине гӏураб унти букӏунарила, амма хӏинкъи бугила крымалъул геморрагикияб гъаргъар (сири) абулеб унти ккезабулеб вирус инсанасул бидулъе ккеялъул. Нугӏаздаса инсанасе бугеб хӏинкъиялъул, гьелъ хӏанчӏани, гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул рахунел унтабазул централъул эпидотделалъул заведующая Гӏайшат Гӏабдусаламовалъулгун.\n— Гӏайшат, кинал районазда нугӏал тӏиритӏун ругел, дандчӏвалищ гьел мугӏрузул районазда?\n— Дагъистаналда тӏоцебе гьеб унти тӏатараб 2000 соналда унтана 47 чи, ва гьезда гьоркьоса кӏигояв хвана. 2016 соналда чи унтиялъул лъугьа-бахъин тӏатинчӏо. Исана нугӏаз хӏанчӏун буго 279 чиясда, амма жеги цониги унтарав чи гьечӏо. Нугӏал тӏиритӏун руго республикаялъул 24 муниципалитеталда. Къанагӏат ругониги, нугӏал дандчӏвала мугӏрузул районаздаги.\n— Аслияб къагӏидаялъ кир гьел рукӏунел?\n— Нугӏал рукӏуна рохьахъе унел нухазда аскӏор. Гьезие данде ккола чӏахӏ-хералъ ккураб бакӏ, ай рохьил майданал, хӏоразул, гӏоразул ва лъаразул рагӏаллъаби.\n— Шагьаразда букӏунищ нугӏалъ хӏанчӏиялда хӏинкъи?\n— Букӏуна, нугӏал рукӏине бегьула чӏахӏилъ. Тӏаса къунцӏарал газоназулъ гьел къанагӏатги рукӏунаро.\n— Нугӏалъ хӏанчӏиялдаса кин цӏуна-къай гьабизе кколеб?\n— Тӏабигӏаталде ине къачӏалаго, щивав чияс ретӏине ккола халатал къвалал ругеб канаб кьералъул ретӏел. Гьелъ нугӏаздаса цӏунула ва тӏад бугеб нугӏги хехго бихьула.\nКӏусизе яги регизе бегьуларо нугӏал ругеб ракьалда бугеб харда тӏад. Чадир чӏвазе ккола чӏахӏ-хер гьечӏеб бакӏалда. Регилалде цебе, кӏваркьун балагьила ратӏлида, черхалда, расуда тӏад нугӏ бугищали.\nРокъобе жанибе босизе бегьуларо гьанжего гьанже бетӏараб чӏахӏ, тӏад букӏараб ретӏел, гьезда тӏад нугӏ букӏине бегьула. Ретӏине ккола ботинкаби яги чакмаял. Щибаб 15 минуталдасан халгьабила черхалда тӏад нугӏ рещтӏун бугищали. Халгьабизе ккола рукъа-\nлъул хӏайваназулги, масала, тира-сверун рокъоре щведал балагьила гьведа, катида тӏад нугӏ бугищали.\n— Черхалда тӏад нугӏ батани, щиб гьабизе кколеб?\n— Черхалдаса нугӏ, гӏучӏаз гурони, квераз батӏа гьабизе бегьуларо. Гьеб чӏинтӏизе бегьуларо, бухӏизе ккола. Гьелъ хӏанчӏараб бакӏалда тӏад спирт, йод яги одеколонги бахун, сапнаца кверал чурила, гьеб бакӏалда чӏегӏераб тӏанкӏ хутӏун батани (гьеб ккола тӏомолъ хутӏараб нугӏил бетӏер), тӏад йод бахине ккола. Черхалда хӏанчӏараб нугӏ цӏех-рех гьабизе лабораториялде щвезабизеги ккола.\n— Крымалъул геморрагикияб гъаргъар унтиялъул кинал гӏаламатал рукӏунел?\n— Черхалда сири бай, бетӏер, мугъ ва ччорбал унти, 38-39 градусалде цӏа-кан бахин, лагӏдезари.\n— Нугӏаздасан гурони, гьеб унти цоги сундасан бугониги бахиналда хӏинкъи бугищ?\n— Аслияб къагӏидаялъ гьеб унти тӏибитӏизабулел рухӏчӏаголъаби ккола Hyalomma marginatus, Dermacentor marginatus, Ixodes ricinus тайпаялъул\nнугӏал. Унтул аслу ккола гӏисинал гӏалхул хӏайванал ва унтарав чи. Вирус чорхолъе ккезе бегьула унтараб хӏайван хъолаго, гьелъул бидаса. Гьединлъидал гӏемериселъ унтула гӏухьби, гӏакатохтурзаби ва къасабханаялда хӏалтӏулел чагӏи.\n— Крымалъул геморрагикияб гъаргъаралъ унтарав чи сахгьавиялъе кинал ресал ругел, гьелъие хӏажатал специалисталги гӏурал дарабиги ругищ больницаялда?\n— Аслияб масъала ккола кватӏилалде унти тӏатинаби ва унтарав кӏванагӏан хехго больницаялде щвезави. Кватӏани, нугӏалъул загьруялъ хвезабула бидурихьазул цолъи ва гьезул гьин гӏадин лъугьарал хьалбаздаса къватӏибе би бецӏцӏула, унтарав хвалдаса хвасар гьавизе захӏмалъула. Гьединаб лъугьа-бахъин ккана цо пуланаб росдал хъутаналда. Лъабго лъимадул эбел, жиндир заманалда кумек щвечӏолъиялъул хӏасилалда, хвана. Цӏех-рех гьабидал баянлъана Казахстаналдаса бачӏараб гӏияда тӏад букӏараб нугӏалъ хӏанчӏиялдалъун гьей хвараблъи. Больницаялда руго гьеб унтуде данде къеркьон бажарулел тохтурзаби. Амма дарабазул гьарзалъи гьечӏо. Гӏемерал чагӏи цадахъ унтараб лъугьа-бахъин ккани, дарабазул къанагӏалъи букӏиналъ, ракӏалдаго гьечӏеб хӏасилги ккезе бегьула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1943-guzhumalda-dande-guzhum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1943-guzhumalda-dande-guzhum", "title": "Гьужумалда данде гьужум", "date": "2018-06-22 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Ракъугарцӏазде данде тӏоритӏулел тадбиразул хӏалуцин цӏикӏкӏинабуниги, гьел кинго къуркьулел гьечӏо\nИсанаги Дагъистаналъул ракьалде гьужумалъ рачӏарал ракъугарцӏазде данде букӏине кколедухъ рагъ гьабун бажарунгутӏиялъе гӏилла ккола гьезде данде гьабулеб хӏалтӏи кватӏун байбихьи. Гьединаб хӏал лъугьун букӏиналъ, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев В. Васильевасул указалда рекъон, ракъугарцӏал тӏиритӏун рукӏиналда бан, гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал лъазабун буго Нугъай, Бабаюрт, Гъизляр ва Тарумовка районазда.\nРосдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул баяназда рекъон, гьанжелъизегӏан халгьабун буго росдал магӏишаталъул 252 азаргогӏанасеб гектаралъухъ, гьелдаса 145 азаргогӏанасеб гектаралде щун буго ракъугарцӏ. Гьелде данде лъазабун бугеб «рагъде» бахъун буго загьру речӏчӏизабулеб чанго машина, трактор ва цо тӏадагьаб тайпаялъул самолет. Бугеб хӏинкъиги букӏине бегьулеб заралги хӏисабалде босун, Дагъистаналда ва Ставрополь краялда цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏи мурадалда, гьал къоязда тӏобитӏун букӏана хасаб данделъи. Кӏиябго регионалъул Росдал магӏишаталъул министерствабазул жавабиял хӏалтӏухъабаз тӏадаблъун гьабуна цадахъаб хӏалтӏул хӏасил букӏинабиялъе хӏаракат бахъизе.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1955-l-imalaze-giolo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1955-l-imalaze-giolo", "title": "Лъималазе гӏоло", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Хьул къотӏизе биччаларо\nРегионалда бищунго кӏудияблъун ва бищун лъикӏаблъун рикӏкӏуна лъималазул\nсахлъи рукӏалиде ккезабиялъул «Надежда» центр\nГьеб бана лъабго соналда жаниб ва гьелъие харж гьабуна 218 миллион гъуруш. Гьелъул лъикӏаб рахъ ккола ралъдада аскӏоб букӏинги. Гьенир чӏезарун ругел ресазул, церечӏарал суалазул ва масъалабазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна централъул директор Мухӏамад Ибрагьимовасулгун.\nГьелъул лъикӏаб рахъ ккола ралъдада аскӏоб букӏинги. Гьенир чӏезарун ругел ресазул, церечӏарал суалазул ва масъалабазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна централъул директор Мухӏамад Ибрагьимовасулгун.\n— Мухӏамад, бокьилаан дуца нухмалъи гьабулеб идараялъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ къокъго бицани.\n— 200 лъимадуе бакӏ бугеб централде къабул гьарула нервабазул системаялъе жагъаллъи ккарал, опорниябгун двигательнияб аппарат унтарал, Даунил синдром ва кӏалъаялъе къварилъи бугел 18 сон тӏубачӏел лъимал ва гӏолилал. Централъул хӏалтӏул аслияб мурадги ккола гьезие кумек гьаби. Гьеб мурадалда хӏалтӏулеб буго диагностикияб, социалиябгун медицинаялъулаб рахъ рукӏалиде ккезабиялъул, психологиябгун педагогияб кумекалъул ва стационарияб отделениял.\nСахлъи рукӏалиде ккезабиялъе гьарулел хъулухъалги гьезие хӏажалъулел алаталги къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел руго. Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб ккола медицинаялъулаб бутӏа. Гьезда гьоркьобе уна массажалъул цо чанго батӏияб тайпа. Руго щивав унтарасул жагъаллъи\nхӏисабалде босараб программа жаниб цӏунараб, мугъзагьод цӏалеб цӏияб тайпаялъул кӏиго алат, ДЦПялъ унтарал лъималазе цӏакъ пайдаяб «Баланс-мастер» тренажер, эхетиялъул ва хьвада-чӏвадиялъул гӏунгутӏаби ругел лъималазе тренировкабазе къваригӏунеб вертикализатор. Дагьаб цебе босана жидерго чӏаголъиялдалъун рилълъанхъизе бажаруларел лъималазе пайдаяб Гроссил кӏиго тренажер. Централда буго спелеокамера (цӏамул рукъ). Жигаралда хӏалтӏизарула цӏамул грелкаби.\nХадусеб ккола логопедиябгун дефектологияб бутӏа. Нижеца пайда босула логоритмика абулеб методикаялдаса. Фланелеграфе абулел занятиязда загӏипал лъимал ругьун гьарула рагъа-рачаризаризе, гаргадизе. Психологиябгун педагогикияб бутӏаялда педагогаз пайда босула салул терапия, арт-терапия, сказкотерапия, трудотерапия, пластилинография ва цогидалги къагӏидабаздаса. Палхӏасил, лъималазул сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе хӏажатабщинаб централда буго.\n— Нужеца пайда босулищ цогидал бакӏазда хӏалтӏизаруларел, ай къанагӏаталин рикӏкӏунел батӏиял-тӏокӏал къагӏидабаздаса?\n— Босула. Гӏакълу мукъсанал лъималазе (аутисты) (нижер централъ гуроги гьединал лъимал къабул гьаруларо) кумек гьабиялъе хӏалтӏизарула хасал программаби: Концепция DIR — унти чӏезабиялъе ва хадуб гьабулеб хӏалтӏи гӏуцӏиялъе, PECS система -кӏалъазе лъаларел лъималазе ва гь.ц.\n— Лъималазеги гьезие хъулухъ гьабун ругел улбузеги централда кинал шартӏал гӏуцӏун ругел?\n— Буго хӏаязул рукъ ва майдан, библиотека, нусго чи цадахъго кваналеб столовая, актовияб зал. Къокъго абуни, жалго лъималги гьезул улбулги гьел шартӏаздаса рази рукӏуна. Ва бищунго аслияб жо, централда кинабго гьабула чӏобого.\n— Сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе централде восиялъе лъие инкар гьабизе бегьулеб?\n— Захӏматал психиатрикиял ва рекӏел унтаби ругел чагӏазе, наркоманазе ва гьединго рак, эпилепсия ва бахунеб унти бугел чагӏи гьанире росуларо.\n— Централде киса лъимал рачӏунел ва кинал документал къваригӏунел?\n— Лъимал рачӏуна республикаялъул шагьараздасаги росабалъаги. Гьезда цадахъ рукӏине ккола: социалияб хъулухъ гьабиялъе къваригӏунеб хасаб индивидуалияб программа, паспорт яги гьавиялъул хӏакъалъулъ свидетельство ва гьелъул копия, сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе дандеккунгутӏи гьечӏилан абун, медицинаялъул идараялдаса справка, амбулаторияб картаялъул выписка, инвалидлъиялъул справка, прививкаби гьариялъул карта, анализал ва флюорография.\n— Лъималазе ракӏгъеялъулал тадбирал тӏоритӏиялъе кинал ресал ругел?\n— Тӏоритӏула экскурсиял, уна театразде ва выставкабазде. Централда гӏуцӏун буго музыкалиябгун драмаялъулаб ва ясикӏабазул театрал. Азбаралда руго, резиналъул маталги гӏодор тӏамурал, хӏаязул майдан ва инвалидал-колясочниказе хасал аттракционал. Гьелъие хӏалтӏизабула лъедезе ва салудаса ине бажарулеб инвалидазул коляска.\nРугьун гьарула рокъор тӏуразаризе кколел хӏалтӏабазе: квен гьабизе, ретӏел къачӏазе, рукъ бакӏаризе.\n— Спонсоразул кумекго щолищ централъе?\n— Щола, центр цебетӏезабиялъе ва гьелъие алатал росизе 2017 соналда спонсораз гьабуна 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гъуршиде кумек.\n— Цо лъагӏалида жаниб чан лъимералъе кумек гьабун бажарулеб?\n— 2017 соналда нижеца къабул гьабуна 1641 лъимер, ай цебесеб соналде данде- ккун 258-ялъ цӏикӏкӏун лъимер.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1956-vatsl-iyal-ul-ko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1956-vatsl-iyal-ul-ko", "title": "Вацлъиялъул кьо", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Гьудуллъиялъул куркьбалги хьвагӏулаго…\n«Горцы» абураб халкъазда гьоркьосеб фольклорияб фестиваль тӏобитӏана Махӏачхъалаялда\nДагъистаналъул тахшагьаралда рещтӏен гьабуна дунялалъул батӏи-батӏиял улкабаздаса гӏадамал цолъун лъугьараб кӏудияб гьудуллъиялъ. Гьелда цадахъ тӏугьдузул берцинаб квацӏилъун Дагъистаналъул ракьалда щущана талихӏги. Гьудуллъиялдаса кӏудияб талихӏги щибха букӏинеб гьаб заманалда. Гьудуллъиялъул куркьбалги хьвагӏулаго, нилъехъе рачӏун руго Словакиялдаса, Польшаялдаса, Румыниялдаса, Азербайжаналдаса, Пенза, Ленинград, Липецк, Курск областаздаса, Ставрополь краялдаса, Удмуртиялдаса, Татарстаналдаса, Чачаналдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Северияб Осетия-Аланиялдаса, Ингушетиялдаса, Гъарачай-Чергесалдаса гьалбал.\n17 июнь\nБайбихьана халкъазда гьоркьосеб микьабилеб фольклорияб фестиваль. Гьеб тӏобитӏула кӏиго лъагӏалида жаниб цо нухалъ. Фестиваль тӏобитӏула Россиялъулги Дагъистаналъулги Культураялъул министерствабазул кумекалда-лъун, ЮНЕСКОялъул ахӏиялда гъоркь.\nГьебго къоялъ республикаялда тӏоцебесеб нухалда рагьана «Устарзабазул Кавказ» абураб халкъиял махщелчагӏазул ярмарка-конкурс. Махӏачхъалаялда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏулеб ярмаркаялда гӏахьаллъана Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса ва Дагъистаналдаса устарзаби. Конкурс тӏобитӏана чанго батӏияб номинациялда: цӏулада накъишал гьари, хьухьари, угьари, рессари, ясикӏаби, гӏарцул ва меседил тӏагӏелал гьари ва цогидалги.\nРасул Хӏамзатовасул къотӏноб бугеб аллеялда дагъистаниязда ва гьалбадерида жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна республикаялъул фольклориял коллективаз. Миллиял кьурдабиги кечӏ-бакъанги, гьездаго гъорлъ цолъулеб гьалбадерил гьаракьги — гьеб киналъго байрамалде рачӏаразе гӏажаибго берцинаб асар гьабулеб букӏана. Киназего бокьун букӏана кьурдул сверулъе кӏанцӏизе.\nГӏурустеатралда рагьун букӏана «Дир Дагъистан — дир Россия» абураб суратазул выставка. Гьез бицунеб букӏана Россиялъул тарихалда Дагъис-таналъ кколеб бакӏалъул.\nГьенибго фестивалалъул хӏурматалда гьалбадерица ва Дагъистаналъул фольклориял коллективаз бихьизабуна концерт. Тадбиралъул байбихьуда дагъистаниязда ва гьалбадерида байрам баркана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас.\n— Жакъа нилъ данде гьарун руго гьудуллъиялъ. Рекӏелъ кӏудияб рохел рещтӏун буго гьалбадерил разиял гьурмал рихьидал. Жакъасеб байрамалъ цоги нухалда ракӏалдещвезабулеб буго нилъер къуват гьудуллъиялъулъ ва цолъиялъулъ букӏин, — ан абуна гьес.\n18 июнь\nР. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда гьеб къоялъ тӏобитӏана «Халкъазда гьркьосеб цадахъ рекъон хӏалтӏи–миллиял мацӏалги культураги цӏуниялъул аслу» абураб темаялда данделъи.\nМагӏарул театралда цебе гьалбадерица бихьизабуна концертги. Дагъистанияз хъатчӏвана поляказеги, румыназеги, азербайжаназеги, гӏурусазеги, Словакиялдаса гьунарчагӏазеги.\nКонцерталъул ахиралда хӏасилал гьаруна ярмарка-конкурсалъулги.\nЩибаб номинациялда бергьаразе ва призеразе кьуна дипломал ва ансадерил устарзабазул цӏулал тӏагӏелал-сувенирал. Конкурсалъул аслияб шапакъат, ай Гран-при щвана Краснодар краялдаса Татьяна Ткаченкое.\n— Дие цӏакъ бокьана Дагъистан. Пана гьаюна дагъистаниязул гьалбадериде бугеб рокьиялъ. Биччанте миллатал гӏемераб Дагъистаналда талихӏалъул бакъ даим гвангъухъе букӏине, — ян абуна гьелъ. Гьединго Татьянаца баркала кьуна жиндир захӏматалъул гьабураб кӏудияб адабалъухъги.\nТадбиралде рачӏаразда байрам баркана Дагъистаналъул культураялъул министрасул заместитель, республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор Марита Мугадовалъги.\n19 июнь\nГьеб къоялъ гьалбадерица сапар бухьана Дербент шагьаралде. Гьениб тӏобитӏана циркалъул искусствоялъул «Пехлеван» байрам. Нарин-Хъалаялда гьалбадерица бихьизабуна концерт. «Фестивалалъул открыткаби» абураб концерт кьуна Махӏачхъалаялда Магӏарул театралда цебеги. Дагъис-таниязе рес щун букӏана миллатазул кьер-кьерал нураз берцин гьабураб Россиялъул халкъазул культураялъулгун лъай-хъвай гьабизе.\n20 июнь\nГьалбадерица сапар бухьана респуб-ликаялъул батӏи-батӏиял районазде. Масала, Пензаялдаса, Выборгалдаса, Липецкалдаса гьалбал щвана Гъизляр шагьаралде. Гьениб тӏобитӏана казаказул культураялъул фестиваль. Польшаялъул гьунарчагӏи щвана Избербашалде. Гьениб тӏобитӏана «Дир халкъалъул кучӏдул ва кьурдаби» абураб халкъияб гьунаралъул фестиваль. Ансадерихъе гьоболлъухъ щвана Азербайжаналдаса ва Татарстаналдаса гьалбал. Гьениб тӏобитӏана «Халкъияб устарлъи» абураб байрам. Гьединабго тадбир тӏобитӏана Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъги. Гьенире рачӏун рукӏана Румыниялдаса гьалбал. Миллияб парталалъул байрам тӏобитӏана Лаваша районалъул Мекеги росулъ. Гьенир гӏахьаллъана Словакиялдаса гьалбалги. «Мугӏрузул гьаракь» абураб халкъияб кочӏол фес-тивалалда гӏахьаллъизе Буйнакск районалъул Гъоркьияб Гъазданущире ун рукӏана Курскалдаса, Удмуртиялдаса гьунарчагӏи. Гьединго фестивалалъул гӏахьалчагӏи концерталгун щвана Шамхал-Термен, Тарки, Цӏияб Хушет, Сулахъ поселоказде.\nГьебго къоялъ Магӏарул театралда цебеги букӏана фестивалалъул байбихьуда букӏараб концерталъул хадусеб бутӏаги.\nВа ахиралда Гӏурус театралда тӏобитӏана гӏурус костюмазул «Халкъияб костюмалъул выставка» абураб байрам.\n21 июнь\nАслияб къагӏидаялда гьеб къо сай-гъат гьабун букӏана Дагъистаналдаса гьунарчагӏазе.\nТӏоцебесеб иргаялда, Гӏурус театралда тӏобитӏана «Басанде, ракӏ» абураб миллиял музыкалиял алатазда халкъиял бакънал рачиналъул фестиваль. Кӏиабизе, гьенибго тӏобитӏана «Дагъистаналъул иццал» абураб халкъияб кочӏол фестиваль-конкурсги. Магӏарул театралда махӏачхъалаялъулазе ва тахшагьаралъул гьалбадерие концерт кьуна фестивалалъул гӏахьалчагӏаз.\nАхиралдаги Гӏурус театралда тӏобитӏана «Кавказ- цогояб хъизан» абураб гала-концерт.\n22 июнь\nЖакъа фестивалалъул гӏахьалчагӏи цере рахъине руго Махӏачхъалаялъул Ленинил цӏаралда бугеб аслияб майданалда, дандчӏвазе руго республикаялъул культуралъул министр Зарема Бутаевагун. Цоги нухалда дагъистаниязе рес щвезе буго Магӏарул театралда цебе тӏобитӏизе бугеб фестивалалъул гӏахьалчагӏазул церерахъиназухъ халгьабизе. Гӏурус театралда тӏобитӏизе бугеб «Дир Дагъистан — Дир Россия» абураб концерталдеги ахӏулел руго фес-тивалалъул гӏахьалчагӏаз.\n23 июнь\nМетер Дагъистаналъулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб буго «Горцы» фестивалалъ. Гьалбал рази хутӏана дагъистанияздаса. Цӏиял лъай-хъваял, цӏиял гьунарал, цӏиял цӏарал. Миллияб маданияталъул тарихалда хъварал цӏиял тӏанчал…\nГьеб киналъулго бицине ва фестивалалъул хӏасилал гьаризе кӏудияб гьудуллъиялъул кӏудияб байрамалъул киналго гӏахьалчагӏаз ахӏулел руго Гӏурус театралде «Цадахъ нилъ — Россия» абураб тадбиралде.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1957-aralda-tamancha-rechichiani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1957-aralda-tamancha-rechichiani", "title": "Аралда таманча речӏчӏани…", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Алхасовасул музей\nАрал гӏасрабазде рагьараб нуцӏа\nданиятги, хисулеб буго гӏадат-гӏамалги. Гьединлъидал некӏо хӏалтӏизабулеб букӏараб ва жакъа нилъеда кӏочараб къайи-къоно музеялдагӏаги цӏуни ккола росдал тарих, умумузул рукӏа-рахъин кӏочене биччангутӏиялъе гьабулеб хӏалтӏи. Гьеб мурадалда Гьентӏа росулъги гӏуцӏун буго музей. Гьеб иш гьабурав чиги ккола гӏемерал соназ школалда тарихалъул учительлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Алхасовасул хӏаракат. Музей гьабизе санагӏатаб бакӏ кьуна школалъул директор Ахӏматӏиласул Мухӏамадица.\n— Цӏияб музей гӏуцӏиялъул хӏалтӏи гьабизе байбихьана 2017 соналъул сентябралда. Цебелъураб масъала букӏана умумузул букӏараб гӏумру хӏакъикъияб къагӏидаялда цебечӏезаби. Бигьаяб гуреб гьеб иш гӏумруялде бахъинабизе гӏемераб хӏалтӏи гьабуна кверал меседилав устар Мухӏамад Бижаловас, — ан бицана М. Алхасовас.\nМузеялда буго, гӏага-шагарго, 2500 экспонат. Гьелъ ккун буго ункъо рукъ: тӏоцебесеб рукъ буго кьун маданияталъе, кӏиабилеб ва лъабабилеб — умумузул рукӏа-рахъиналъе, ункъабилеб — росдал магӏишаталъе. Аслияб къагӏидаялда маданияталъул залалда руго гьидерил, хасго Гьентӏа росдал шагӏирзабазул тӏахьал, рагъул церехъабазул, машгьурал гӏалимзабазул, махщелчагӏазул хӏакъалъулъ бицунел стендал ва суратал. Гьенибго буго хур бекьиялдаса байбихьун, корохъ чед бежиялде щвезегӏан росуцояз гьарулел рукӏарал хӏалтӏаби рихьизарулеб стендги.\nМузеялъул кӏиабилеб залалда буго цӏакъго цебе заманалда гӏощтӏоца буцӏун гьабураб гӏадаб, бакӏаб нуцӏа ва гьелда бан буго гьеб ричӏулеб цӏулал ва маххул кӏиго «кӏул». Гьениве щведал, рихьула хӏарщ чӏвачӏел къадал, кӏкӏуялъги лахӏалъги чӏегӏер гьабураб мокърукьбакӏ, цагъур, гьелда рарал тӏарсал ва суркӏби, тӏагӏел-гӏучӏ, бусен-къайи, гьелда цебе — лъимер тӏад кьижараб гьулак, аскӏобго — хьонбакӏ, рукъ бакьулъ — тӏалоялда гъоркь бакараб цӏа, аскӏоб — чалдахъалда бараб вехьасул къвачӏа-квара.\nЛъабабилеб зал – гьеб буго дагьабго ресукъав магӏаруласул рукъ. Гьенире рачӏараз абула жал жидерго гӏанчӏаб лъимерлъиялъул язихъаб гӏумруялде тӏадруссарал гӏадин лъугьунилан. Рукъ бакьулъ цӏеда «гьалулеб» хьаг бихьидал, ракӏалде ккола гьанже гурони гьанже рукъалъул бетӏергьаби жанире лъугьун рачӏинин, гьениса рахъун чӏахӏиял хинкӏалги гьанги кьун, гьез гьоболлъи гьабилеб батилин.\nАлхасовас гьарана газеталдасан баркала кьейила музеялъе цагърал кьурал Шахӏмадиласул Марияние ва Жамалудиназул Мухӏамадие, гьединго хьонбакӏ кьурав Чохьолазул Мухӏамадие. Гьеб буго, кулак гьавидал, Гӏалибегил Гьитӏинасухъа хӏукуматалъ бахъун букӏараб хьонбакӏ.\nУнкъабилеб залалда руго росдал магӏишаталда умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал алатал.\nАлхасовас бицана жинда ракӏалда бугила музеялда къебелъул ва лъел гьабил рукъзал лъезеги.\nМугӏрузул районазул цониги росулъ гьечӏо гьединаб музей ва гьелъги батила Алхасовасул музеялъул цӏар районалдаго тӏибитӏун бугеб. Музей бихьизе вачӏарав районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна гьадинаб музей кибго гьечӏила. Гьабги букӏине кколила лъабго-ункъо чи жанив хӏалтӏулеб бакӏлъун. Гьеб рахъалъ кумек гьабизеги рагӏи кьуна районалъул бетӏерас.\nНури Нуриев"}
{"slug": "1958-akhimad-tsiurmilov-gavuraldasa-110-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1958-akhimad-tsiurmilov-gavuraldasa-110-son-tiubayalde", "title": "Ахӏмад Цӏурмилов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кьабулеб цӏумур, кенчӏолел цӏваби…\nГьев вукӏана лъималазда гьоркьов лъимерлъун, гӏолилазда гьоркьов гӏолилавлъун, херазда гьоркьов херавлъун\n19 июналда Гъуниб районалъул культураялъул кӏалгӏаялъуб (КДЦ) тӏобитӏана халкъияв композитор, «Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи», пачалихъалъул гӏемерал шапакъатазул кавалер, Щуланиса Ахӏмад Цӏурмиловас 110 сон тӏубай кӏодо гьабиялъул хӏурматалда гӏуцӏараб тадбир. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна Гъуниб райадминистрациялъул хӏалтӏухъабаз, росабазул вакилзабаз, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, Магӏарул театралъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас, композиторал Ахӏмад Гӏамирхановас, Каримула Гӏабдулаевас, Абусупян Гӏалихъараевас, кочӏохъаби Мухӏамад-Тӏамир Синдикъовас, Ахӏмад Закариевас ва гӏемерал цогидазги. Тадбир нухда бачана КДЦялъул нухмалъулей Патӏимат Абакаровалъ.\nКӏалъазе вахъарав Мухӏамад Ахӏмадовас бицана Цӏурмиловасул творчествоялъул. Музыкантлъун вахъинчӏониги, гьитӏинаб мехалдасаго нахъе мунагьал чураяс бачунеб букӏараб, хадуб гьесие сайгъат гьабураб мандолинагун цеве вахъана мустахӏикъав тохтур, Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи, Цӏурмиловасул цӏалдохъан Ахӏмад Саламов. Гьес бицана Цӏурмиловасул гӏаданлъиялъулги тӏадегӏанаб махщалилги.\n«Инсанасул букӏуна кӏиго хвел: цояб — Аллагьасул къадаралда рекъон,\nкӏиабилеб-гьев гӏадамазда, гӏагар-лъиялда, гьудул-гьалмагълъиялда кӏочон теялдалъун. Цӏурмиловасе кӏиабилеб хвел гьечӏо ва киданиги букӏине ресги гьечӏо, гьесул цӏар хутӏизе буго абадиялъго нахъе», — ян абуна Саламовас ва мандолинаги хъван ахӏана кечӏги.\nХадубги гьес абуна Гъуниб росулъ бугин Ахӏмад Цӏурмиловасул цӏаралда бугеб къватӏ ва лъикӏаблъун бихьизабуна культураялъул кӏалгӏаялъеги гьесул цӏар кьезе ккелин. Амма гьаниб загьирлъана Цӏурмиловасул цӏар гьелъие араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаго кьун букӏин. Гьелдаса хадуб, сайгъат хӏисабалда, Патӏимат Абакаровалъухъе кьуна жиндие цӏакъго хирияб, Цӏурмиловас бачунеб букӏараб, хадуб гьесие кьураб мандолинаги. Гьединго кӏалъазе рахъараз бицана Цӏурмиловасул гӏамал-хасияталъулги, гьесул бакъназ миллияб музыкалияб маданият бечед гьабиялъулги, хасаб музыкалияб лъай букӏинчӏониги, гьесул гьунаралъ, рекӏелъа унарел бакъназ росарал борхалъабазулги. Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас бицана Цӏурмилов лъималазда гьоркьов лъимер гӏадин, гӏолилазда гьоркьов гӏолилав гӏадин, херазда гьоркьов херав гӏадин вукӏунаанин. Жамгӏияв хӏаракатчи Гӏалиасхӏаб Хархачаевасул рагӏабазда рекъон, музыкалияб цӏалуда тӏадчӏезе Цӏурмиловасе рес щун букӏарабани, гьесул вахъине вукӏана улкаялдаго цӏар рагӏарав композитор. Хасаб цӏалиги гьечӏого, гьединаб борхалъиялде вахиналъе Цӏурмиловасе квербакъараблъун букӏине кколин гьесул тӏабигӏияб гьунар, кечӏ-бакъаналдехун бугеб гъваридаб рокьиян кӏалъана Ахӏмад Гӏамирханов.\nГьелдаса хадуб чанго рагӏи абизе цеве вахъарав «Гӏагараб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Хӏабиб Давудовас Патӏимат Абакаровалъе кьуна «Дагъистаналъул Халкъияй Бахӏарчӏужу» абураб цӏар ва гьелъул каранда бана цӏва.\nЖеги гӏезегӏан рукӏана кӏалъазе рахъарал, амма киназулго цӏарал рехсезе рес букӏинареблъиги хӏисабалде босун, тадбиралда гӏахьаллъи гьабурал киназего кьураб баркиялдалъун кӏалъаязе ахир гьабуна Цӏурмиловасул гӏагарлъиялъул чи, Щуланиб росдал администрациялъул бетӏер Хӏажимурад Хизриевас.\nКъокъго абуни, тадбир гӏуцӏун букӏана гӏезегӏан лъикӏаб куцалда. Тӏоцебе — ахӏаралги рачӏаралги гьалбал рукӏана гӏемер; кӏиабизе — байбихьудаса лъугӏизегӏан Патӏиматица гьеб бачана магӏарул мацӏалда (гьоркьо-гьоркьор гӏурус мацӏалда кӏалъаял камичӏониги); лъабабизе-кӏалъаял рукӏинчӏо чӏамучӏал, халатрахъарал, хӏажат гьечӏеб реццалъ бакӏ гьарурал; ункъабизе — кинабго ана гӏадатияб къагӏидаялда; щуабизе-кӏалъаял «тӏадагь» гьаруна Тӏагьир Къурачевас, Мухӏамад-Тӏамир Синдикъовас, Ахӏмад Закариевас, Гӏабдула Мухӏамадмирзоевас ва гӏемерал цогидазги ахӏарал кучӏдуз ва кьурдухъабазул номераз. Хасаб чӏаголъи гьабуна чӏарадисезул бихьиназул хоралъ.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "1959-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1959-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "title": "Метер магӏарул мацӏ хвезе батани…", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нилъерго къисматалъул кӏулал нилъедаго кодор те\nГазетазул гьудулзабазулгун дандчӏвай\n19 июналда Сулейман Стӏал районалъул Къасумкент росдал администрациялъул залалда тӏобитӏана сверухъ ругел районазул нухмалъулел ва газетазул редакторзаби гӏахьаллъараб данделъи. Гьенире рачӏун рукӏана республикаялъул газетазул ва телевидениялъул вакилзабиги. Рахьдал мацӏалъул суал жакъа цӏакъго бегӏерго цебечӏун бугелъул, республикаялъул Печаталъул ва информациялъул министерствоялъ ва миллиял газетазул редакторзабаз хӏукму гьабуна республикаялъул районазда гӏадамазулгун дандчӏваял тӏоритӏизе. Гьеб мурадалда бухьараб тӏоцебесеб сапар букӏана гьеб. Байбихьи Къасумкенталдаса лъеялъе гӏиллаби гьадинал рукӏана: тӏоцебе абуни, лезгиязул щибаб районалъ цӏакъ ккола жидерго миллияб газета (щибаб районалда кӏиазаргоялде бахун жидерго миллияб газета хъвала), кӏиабилеб — гьезул районалъул бетӏерас рахъккола миллияб мацӏалъул ва маданияталъул. Лъикӏаб букӏинаан гьеб данделъиялда нилъер магӏарул районазул бутӏрулги рукӏаралани.\nРайоналъул бетӏер Нариман Гӏабдул-мутӏалибовас жиндирго кӏалъаялда мацӏ цӏуниялъулъ миллияб газета-лъул бугеб кӏваралъул бицунаго абуна: «Дагъистаналъул мацӏазда къватӏире рачӏунел газетазул кӏудияб кӏвар буго халкъалъе. Гьезул кӏудияб бухьен букӏуна бакӏалъул муниципалитетазулгун, гьезул квер щола гӏумруялъул киналго рахъазде: яшавалдаса байби-хьун лъайкьеялдегун гӏелмуялде щвезегӏан. Гьезул гьурмаздасан нилъеда кӏалъала профессионалиял журналистал гурелги, гӏадатиял гӏадамалги».\nПечаталъул ва информациялъул министр Рашид Акавовас абуна: «Гьанжесел информациялъул технологияздаса нахъеккечӏого цебетӏезе ккола Дагъистаналъул СМИги. Гьелъие хӏаракат бахъулеб буго миллиял газетазги. Яндексалда цогидал централиял газетазда цадахъ цебе рехун бачӏуна нилъер цо-цо газетазул информацияги. Гьелде кӏвар кьечӏого тезе бегьуларо, щайин абуни гьанже гӏемерав чияс хӏалтӏизабула Интернет.\nНилъер миллатазул тӏогь ккола мацӏал. Мацӏал рилизе риччани, щибха гьабизе кколеб? Нилъер букӏине ккола ракӏрагьараб хабар. Нижедаги лъазе ккола нижер гӏолел-гӏоларел рахъал, щиб хӏажат бугеб нижеца гьабураб «нигӏмат» хӏалтӏизабулел гӏадамазеяли», — ян ракӏрагьараб накъиталде ахӏана гьес данделъарал.\nЖурналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас гӏенеккаразул кӏварбуссинабуна ни-лъерго наслуялъ рахьдал мацӏалдаса инкар гьабизе теялъул гӏайиб пачалихъалда гуребги, эбел-инсудаги букӏиналде.\n«Ахираб заманалда дица гӏемер бицине кколеб буго жакъа миллиял мацӏазул бугеб квешаб хӏалалъул. Щибаб данделъиялде уна цӏакъ бокьуларого, щайин абуни, мун вичӏчӏуларел чагӏазе хабар бицине бигьаяб иш гуро, дуца бицунеб жо рагӏуларел гӏадамазда гьеб бичӏчӏизабизе цӏакъ захӏмалъула. Гьал ахирал соназ къобахъанагӏан квешлъулеб буго мацӏазда ва миллиял газетазда сверухъ ахӏвал-хӏал. Лъаларо щиб къисмат нижер букӏинебали. Дун гьаниве вачӏана нуж рихьизе, цӏакъ бокьун букӏана нужехъ гӏенеккизе. Нилъер руго гӏисинал миллатазул газетал дагьал церегӏан жиделъ «рухӏ лъурал». Миллиял мацӏазде лъикӏаб бербалагьи гьечӏони, гьел «чӏаго» хутӏиларо. Гьел ккола агул, рутул, цахур, нугъай мацӏазда риччалел газетал.\nЖакъа мацӏазда сверухъ бугеб ахӏи-хӏур нилъер мацӏазде гьабулеб «гьужум» гуро, миллатазде гьабулеб гьужум буго. Гьеб гьабулезе къваригӏун буго нилъеца, нилъго лъикӏал лъугьун, мацӏаздаса инкар гьабизе. Аллагьасе рецц, ратулел руго гӏадамал гьелде дандечӏезе таваккал бугелги.\nЖурналистазул союзалъ ахирисеб конференциялда битӏун букӏана В. Путинихъе хитӏаб. Сон жаваб щвана гьеб Федерациялъул Советалде, Пачалихъияб Думаялде, Лъайкьеялъул министерствоялде битӏанин. Гьединго лъана гьеб суал тӏаде босун букӏин Президентасда цебе гӏуцӏараб инсанасул ихтияр цӏуниялъул советалъги. Гьеб советалъ гӏуцӏизе буго хасаб комиссия. Гьенир гӏахьал гьаризе руго Дагъистаналъул вакилзабиги.\nДие абизе бокьараб аслияб жо – нилъер мацӏал цӏунун хутӏи гӏицӏго пачалихъалда бараб суал гуро, пачалихъалда бараб буго шартӏал гӏуцӏи, нилъер мацӏал цӏуни бараб буго нилъеда, нилъер хъизаназда, хасго эбел-инсуда. Битӏун гьечӏо нилъер умумуз би тӏун, гӏетӏ тӏун цӏунараб бечелъи, нилъеца гьадигӏан ургъел гьечӏого билизе тей. Эбел-эмен, жидер лъималазе рахьдал мацӏ къваригӏун гьечӏин абулелъул, ургъулел гьечӏо рахьдал мацӏги чияр гьабун, чияр мацӏ малъизе лъимер тӏамулелъул», — абун хитӏаб гьабуна гьес гӏодорчӏараздехун.\nДандчӏваялда кӏалъазе рахъана «Лезги газет», «Табасараналъул нур», «Рутулалъул цӏиял харбал» газетазул редакторзаби, журналистал, хъвадарухъаби ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи. Гьез киназго миллияб газеталъ рахьдал мацӏ, маданият ва тарих цӏуниялъулъ лъолеб кӏудияб бутӏаялъул бицана. Гьенир гьоркьор рукӏана халкъалъ рищун тарал нилъер депутатал мацӏазе «хоб бухъизе» гӏуцӏараб лъайкьеялъул законалъул проект цӏунун церерахъиналдаса рази гьечӏолъи загьир гьабурал кӏалъаялги.\nДандчӏваялдаса рази хутӏана киналго. Абизе рагӏиги, дандбазе пикруги гӏемер батана гӏахьалчагӏазул. Данделъи лъугӏун хадубги ратӏалъизе бокьуларого лъикӏ заман бана гьез ракӏрагьараб харбил столалда нахъа.\nШамсият Султанбегова"}
{"slug": "1960-bankaldajishch-yagi-bankayal-ubishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1960-bankaldajishch-yagi-bankayal-ubishch", "title": "Банкалдайищ яги банкаялъубищ?", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб июлалдаса нахъе къуваталде лъугьуна РФялъул налогазул кодексалъул 86-абилеб статьяялда гьарурал хиса-басиял\nГьезда рекъон, банказда тӏадаблъун гьабун буго гражданазул счетаздаги банкалъулал картабаздаги бугеб гӏарцул хӏакъалъулъ баян налогазул идарабазда лъазаби. Гьел идарабаз лъазабизе бегьула картаялдеги счеталдеги бачӏараб гӏарац кин ва сунда тӏад харж гьабурабали. Кодексалда гьабураб хиса-басиялда рекъон, тӏоцебесеб июлалдаса нахъе физлицоялъе щолеб моцӏрол харжалъул гуреб гӏарац рикӏкӏине буго гьесие щолеб хайирлъун ва гьелдаса бахъизе буго налогги. Гьайгьай, налогазул декларацияги цӏезабизе ккола. Бихьизабураб болжалалда гьеб гьабичӏони, налогазул федералияб хъулухъалъ (ФНС) гӏакӏа бахъизе буго – налогалъе бихьизабураб гӏарцул 20 процентги, заманалда кьечӏолъиялъухъ пеняги ва подоходнияб налогги.\nКартаялде яги счеталде бачӏараб гӏарац хайирлъун рикӏкӏунгутӏизе щивас кьезе ккола гьеб доходлъун кколареблъи бичӏчӏизабулел документал. Масала, пуланав чияс цогидав чиясул банкалъул счеталде щибаб моцӏалъ рехулеб буго гӏарац. ФНСалъ халгьабизе бегьула, щай ва сундухъ гьеб гӏарац кьолебали. Гӏемерисеб мехалда гьедин кьола ижараялъе босараб рукъалъухъ мухь яги эркенго хӏалтӏулев художникасе (фрилансерие) заказалъухъ кьолеб харж.\nПодоходнияб налог кьолеб гьечӏилан гьабураб хитӏабалда рекъон тӏоритӏулел судалъул данделъаби гӏемерлъун руго ахираб заманалда. Судалде ккезе рес буго чӏорого кьолел лъазабиязул сайталдасан щиб букӏаниги бичарав чиги, гьесухъе гӏарац банкалъул счеталде бачӏун бугони. Гьеб гӏарац доходлъун, ай налогал кьезе тӏадаблъун рикӏкӏинчӏого букӏинелъун, тасдикъ гьабизе ккола гьеб пуланав чияс къарзалъе босараб гӏарац яги гӏагарав чиясул сайгъат бугеблъи.\nЗаира Сагӏидова,\nДГУялъул филфакалъул\n3 курсалъул студентка"}
{"slug": "1961-bosanishch-tiade-tiubazabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1961-bosanishch-tiade-tiubazabe", "title": "Босанищ тӏаде – тӏубазабе", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралес лъазабуна нилъ битӏараб нухда ругин\nВладимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь, 20 июналда Махӏачхъала шагьаралда тӏобитӏана республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъул суалал рорхараб данделъи. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна Халкъияб Соб-раниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасги, хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасги, республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановасги, хӏукуматалъул председателасул заместителазги, министразги.\nПачалихъалъул идарабазул хӏалтӏухъабазе кьезе кколел харжазул рахъалъ ругел налъабазул бицун кӏалъана хӏукуматалъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибов. Гьесул рагӏабазда рекъон, жидеда хадур налъаби ругел идарабазда гьоркьоб буго Избербаш шагьаралъул радиозаводги. Гьеб баяналдаса хадуб В. Васильевас лъазабуна заводалда бугеб хӏалалъул мухӏканаб цӏех-рех гьабейин ва гӏайибиял тамихӏалде цӏазе кколин.\nХадуб бицана жагъалал минабахъа гӏадамал цӏиял бакӏазде рахъинариялъул, гьеб масъала тӏубазабиялъул мурадалда биччараб гӏарац бикъаразе кьварараб гӏадлу гьабизе букӏиналъул.\n«Бикъа-хъамиялда гӏахьаллъарал чиновниказе нилъер республикаялда бакӏ букӏине гьечӏо», — ян лъазабуна В. Васильевас.\nЦинги, данделъиялъул хӏасилги гьабун, Васильевас абуна: «Нилъ унел руго битӏараб нухдасан. Ни-лъеца тӏуралел ва тӏуразе руго халкъалъул мурадал. Дир ракӏчӏараб буго тӏадебосанщинаб тӏубазабизе нилъеда кӏвезе букӏиналда», — ян.\nРаисат Салимова,\nДГУялъул филфакалъул\n3 курсалъул студентка"}
{"slug": "1962-minabi-rala-nizamgi-tsiunun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1962-minabi-rala-nizamgi-tsiunun", "title": "Минаби рала низамги цӏунун", "date": "2018-06-26 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Законалъул тӏалабал хвезарун рарал риххизаризе ккезе руго\nевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб Хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул советалъул данде-лъиялда рорхарал суалазул цояб букӏана бакӏал раялда хъинтӏараб. Масала, гӏемертӏалаял минаби ралаго законалъул ва бакӏал раялъул тӏалабал тӏуразаризе ккеялъул бицараб.\nВ. Васильевасул рагӏабазда ре-къон, Махӏачхъалаялда минаби ралел къагӏидаби руго цо рахъалъ\nгӏадамазе шартӏал чӏезариялъе гӏатӏидал ресал кьолел, цогидаб рахъалъ кӏудиял масъалаби цере лъолел. Гьедин букӏиналъ тӏадаб буго, хадубккун законалъул тӏалабалги цӏунун, ралел бакӏазда мухӏканаб гӏадлу-низам чӏезаби. Ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевасул пикруялда рекъон, республикаялъул архитектураялъулгун шагьар гӏуцӏиялъул цӏигӏуцӏараб комитеталъе хӏажат буго муниципалитетазул архитекторазул цӏидасан хъвай-хъвагӏай гьаби ва гьезул хӏалтӏи цӏигьаби. Данделъиялъул гӏахьалчагӏаз дандрана экономикияб ва кванил нигӏматазул рахъалъ хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялда хурхарал суалалги.\nУмакусум Гӏумаханова,\nДГУялъул филфакалъул\n3 курсалъул студентка"}
{"slug": "1970-tiabigiat-va-insan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1970-tiabigiat-va-insan", "title": "Тӏабигӏат ва инсан", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Пайда босичӏого тараб бечелъи\nМагӏарухъ гӏезегӏан руго даруялги минералиялги иццал\nКавказалда цониги гьечӏо Дагъистан гӏадинаб гьава-бакъги рекъараб, чӏахӏ-хералдалъунги рухӏчӏаголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб тӏабигӏаталъул бакӏ. Субтропиказдаса байбихьун, даим гӏаздаца рацарал цӏорол мугӏрузде щвезегӏан тӏабигӏаталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун гӏуцӏарал гӏадал мугӏрул-щобал, гӏедерал лъаралгин гӏорал, рикӏкӏен гӏемерал хӏорал — сахаватго кьун руго Бетӏергьанас Дагъистаналъул ракьалъе. Гьелде тӏадеги, нилъер гьанир руго такрарлъи гьечӏел тарихиялгун тӏабигӏиял памятникалги. Гьеб баракаталда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола республикаялъул ракьалда ругел минералиял иццазги лъиназги. Гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазда бихьизабулеб буго Дагъистаналда лъабнусгогӏан минералияб ицц бугилан. Гӏелмуялъ чӏезабун буго мугӏрул лъугьин, гӏуцӏи (неоконченный процесс горообразования) лъугӏун гьечӏел бакӏазда (тӏолабго Кавказалъул мугӏрул гьединал руго) ракьул гъварилъабазда лъугьунел ругел багъа-бачариязул хӏасилалда лъугьарал ракьул кьватӏелазухъа къватӏире рачӏунел ругин бухӏарал ва цӏорорал лъинал. Нухда гьелъ цадахъ босун бачӏунеб буго инсанасул сахлъиялъе пайдаял микроэлементал.\nРадон, йод, бром, чӏабатӏ, водород гьоркьоб бугел гьел лъинал хӏалтӏизарула лага-черхалъул, ургьимесалъул, тӏомол, чехь-бакьалъул гӏузраби сах гьариялъе.\nТермалиял иццал\nГьел лъиназул Дагъистаналда жакъа\nкъоялъ микьго-ичӏгоялдаса гурого пайда босулеб гьечӏо. 38 градусалдаса 100 градусалде щвезегӏан батӏи-батӏиял руго лъиназул температураги.\nТалгиялъул хинаб ицц. Гьеб буго Махӏачхъа-лаялдаса анцӏила щуго километралъ рикӏкӏад бугеб Талги поселокалда. Гьеб рикӏкӏуна бищун цӏикӏкӏун чӏабатӏгун водород гьоркьоб бугеблъун. Гьениб бан буго нусго чияс цадахъго хӏалхьи гьабизе бегьулеб санаторий, нусиялда лъеберго чиясе бакӏ бугеб пансионат.\nГъаякенталъул хинаб ицц. Гьеб буго Гъаякент районалъул Цӏияб Гъаякенталда. Ункъо бакӏалдаса, ай буругъаздаса, иццаздаса бачӏуна гьеб лъин. Гьениб бан буго «Гъаякент» санаторий. Унтаразул сахлъи щула гьабиялъе гуребги, бухӏараб лъим хӏалтӏизабула рукъзал хинлъизариялъе, росдал хӏамамалда.\nАхтиялъул хинал иццал. Ахти росдадаса анлъго километралъ эхедехун, Ахти-чай гӏурул рагӏалда руго чӏабатӏ, водород, радон, йод ва бром гъорлъ бугел лъинал-иццал. Гьениса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого руго Жени ва Купул-Яд абурал хинал иццалги. Гьениб рагьун буго курорт.\nМанасалъул хинаб ицц. Гъарабудагъкент районалъул Манаскент росдада гӏагарлъухъ бугеб гьеб лъиналда аскӏоб бан буго гьанже заманалъул киналго тӏалабазда рекъон къачӏараб санаториялъулгун курорталъул комплекс «Каспий».\nИзбербашалъул хинаб лъин. Избербаш шагьаралда бугеб гьеб лъин къватӏибе бачӏунеб буго ичӏго иццдаса. Санаторий-курорт гьечӏониги, гьенире рачӏаразе хӏалхьи гьабиялъе квегӏенлъаби чӏезарун руго гьенир. Лъим хӏалтӏизабулеб буго шагьаралъул гӏадамазул рукъзал хинлъизариялъеги. Избербашалда рагьун буго «Азиз» абураб цӏаралда шушбузухъе тӏун лъим бичулеб гьитӏинабго предприятиеги.\nГъизляралъул хинал лъинал. Хӏалтӏулеб буго анкьго ицц. Лъим хӏалтӏизабула гӏадамал жанир чӏолел гӏемертӏалаял минаби хинлъизариялъе. Иццал руго шагьаралда жанир.\nГъизляралдаса анцӏго километралъул манзилалда югалъулабгун бакъбаккудехун бугеб Кардоновка росдада аскӏоб бугеб хинаб иццдаса бачӏунеб лъим хӏалтӏизабула росдал хӏамамалда. Шушбузухъе тӏун гьеб лъим бичулеб гьитӏинабго предприятиеги буго.\nРычалалъул хинаб ицц. Лъебералда анлъго градус температура бугеб гьеб ицц буго С. Стальск районалъул, ралъдал гьумералдаса 1120 метралъ борхалъуда бугеб Цмур росдада гӏагарлъухъ. Гьениб рагьун буго курорт, хӏалтӏулеб буго минералияб лъел «Рычал-Су» заводги. Гьеб курорталде хӏухьбахъи гьабизе аза-азар чи вачӏуна щибаб соналъ.\nМахӏачхъалаялъул хинал лъинал. Гьениб бугеб анцӏила ункъо иццалъул лъим хӏалтӏизабула шагьаралъул гӏемертӏалаял минаби ва промышленниял предприятиял хинлъизариялъе, цо бутӏа больницабазе, унтаразе процедураби гьариялъе. Дагьа-макъабго къадар шушбузухъе тӏунги бичула.\nТарнаиралъул хинаб лъим. Гьеб лъел температура бахуна багӏариялъул 97-98 градусалде. Къоло щуго иццалдасан хӏалтӏулеб буго гӏицӏго анлъгояб. Гьениб буго тӏубараб лъагӏелалъго унтарал къабул гьарулеб ва сахлъизарулеб «Тарнаир» санаторий.\nБихьулеб букӏахъе, гьел киналго руго Каспиялъул гӏодоблъиялда.\nМагӏарухъ минералиял иццал\nРеспубликаялъул ракьалда бугеб лъабнусгогӏан минералиял иццазул, цӏикӏкӏарасеб къадар буго мугӏрузул районазда, гьел камураб район магӏарухъ цониги гьечӏо. Гьеб рахъалъ цӏакъго бечедал руго Цӏумада, Цӏунтӏа, Лъаратӏа районал ва Бежтӏа участок. Рехселин гьезул цо-цоял. Цӏумада районалъул ракьалда Гӏандигӏурул жаниблъиялда, гуржиязул гӏорхъоде щвезегӏан къогоялдаса цӏикӏкӏун минералияб ицц буго – Агъвали, Хуштада, Гьигьалъ, Метрада, Хъвайни, Хушет, Инхокъвари росабазул ракьалда, Хъваршисезул кӏкӏалахъ. Хасго машгьураб буго Инхокъварисезул минералияб ицц. Цӏумадисез гьелда абула «Регьа» абун. Чанго батӏияб унти сах гьабизе квербакъулеб гьеб иццухъе нус-нус чи вачӏуна республикаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса.\nБежтӏадерил росдада аскӏоб Оцукувакьа абулеб бакӏалда буго чӏабатӏгун водород гъорлъ бугеб лъим. Бежтӏадерица гьелда абула Могь иццин абун. Бакӏалъул гӏадамаз даруялъе хӏалтӏизабула гьеб.\nБежтӏаса микьго километралъ гъоркьехун, Лабахи абулеб бакӏалда, Симбирисхеви гӏурул кваранаб гӏаркьелалда, Аваразулгун Кахетиялъул нухда гъоркьехун буго кибго лъалеб Бухӏараб лъим (горячий источник). Хьваназул мацӏалда гьелда абула Южулълъ иццилан. Чанго соналъ цебе Аваразулгун Кахетиялъул нух гӏатӏид гьабулаго, тӏаде кьурабиги ун, гьеб бахчизабун букӏана, гьанже бацӏцӏадги гьабун, къачӏан буго. Советияб гӏуцӏиялъул заманалда бежтӏадерил Бухӏараб иццухъе гьеб лъедаса пайда босизе цоял вертолетазда, цогидал Вантляшевалъул габурлъухъан, чуязда рекӏун, рачӏунаан гуржиялцин. Магӏарухъ ругел минералиял иццазул хӏакъалъулъ хабар ккедал, эколог, биологиялъул гӏелмабазул доктор, профессор Гъайирбег Гӏабдурахӏмановас абуна: «Республикаялда ругел минералиял иццазул инвентаризацияги гьабун, гӏадамазул сахлъи щула гьабиялъе гьездаса пайда босиялъе хасаб программа къабул гьабизе ккола Дагъистаналъул хӏукуматалъ. Бихьараб захӏматалда рекъараб хайир щолеб гьечӏолъиялъ, нахъеккун буго магӏарухъ росдал магӏишат, дагьалго рукӏаниги рагьун рукӏарал промышленниял предприятиязул филиалги къана. Дир пикруялда, магӏарухъ туризм цебетӏеялде кӏвар кьуни, цӏияб рухӏ речӏчӏизе бегьула магӏаруллъиялда. Гьелъие квербакъи гьабила цо-цо машгьурал минералиял иццал ругеб бакӏалда курортал, санаториял рагьани. Щай бегьулареб Инхокъвари иццухъ, бежтӏадерил Бухӏараб лъеда аскӏоб санаториял разе? Санаториял рагьани, гьениб гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал рукӏина, рагьила гостиницаби, тукаби, жанир чӏезе рукъзал, ай цебетӏела инфраструктура. Нилъерго гьанисанги къватӏисанги туристал гъираялда рачӏина гьенире хӏухь-\nбахъизеги сахлъи щула гьабизеги. Гьединал иццал ругеб бакӏалда санаториял, курортал рагьун гурищ росаби, поселокал гӏурал Талгиялда, Манасалда, Цӏияб Гъаякенталда».\nХӏисаб гьабидал, битӏараб пикру буго гӏалимчиясул. Дагъистаналда, хасго магӏарухъ ругел минералиял лъинал, Кисловодскалда, Пятигорскалда, Железноводскалда ругел минералиял лъиназдаса нахъеккарал гьечӏин абула. Нус-нус километрги нахъа тун, аза-азар гъуруш харжги гьабун, риччел хӏалаб Кавказалъул минералиял лъиназухъе инчӏого, санаториялги, букӏине кколеб инфраструктураги гӏуцӏани, гӏадамаз бакъулаб Дагъистанго тӏасабищила хӏалхьи ва сахлъи щула гьабизе. Берда бихьулаго, пайда босичӏого гьединаб бечелъи тезе бегьиларо.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "1971-giak-labazul-g-amas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1971-giak-labazul-g-amas", "title": "Гӏакълабазул гъамас", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Талихӏалъул кӏул\nМетерисеб талихӏ балагьи гӏададисеб хӏалтӏи буго\nЦӏалуда, хӏалтӏуда, рокъоб, къватӏиб ва цогидалги бакӏазда бокьарав чияс, гӏилла букӏа-букӏунге, рекӏелъ рекъолареб рагӏиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тӏехьалъул автор аль-Къарница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракӏ бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагӏиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи. Гьеб тӏехьалдаса босун цо-цо бутӏаби рахъулел руго гъоркьехун.\nБокьулареб – кьогӏаб\nПашманлъи тӏаде бачӏиндал пикраби гьаре лъикӏабщиналъул. Пикрабаздаго цадахъ хӏаракат бахъе лъикӏаб иш гьабизе, лъие бугониги садакъа кьезе, щив вугониги рази гьавизе. Гьеб мехалда дуда бихьила дурго ракӏ гӏажаибго чӏаголъун бачӏунеб куц ва ракӏалдеги ккезе буго дидаса талихӏав щив вукӏуневилан. Вореха, лъица бугониги баркала кьезелъун хӏалтӏи батаниги, цоги щиб бугониги гьабуге. Гьабулебщинаб гьабе Аллагьасе гӏоло, Гьесул разилъи тӏалаб гьабун, Гьесдаса сайгъат щвеялде хьулгун. Гьабулеб хӏалтӏи букӏине ккола ракӏалъ тӏасабищараб, дуего бокьулеб, гъираялда гьабулеб, цогидазеги кумек щолеб. Бокьулареб хӏалтӏи гьабизе цӏакъ захӏмалъулелъулха. Гьабулеб ишалде тӏаделъе таваккалгун, жакъаго гьабизе бегьулеб метералде тӏамунги тоге. Аллагьас дуе кьун ругел рахӏматазул, нигӏматазул пикру гьабе, гьезул хӏакъалъулъ бице ва Бетӏергьанасе реццгун щукру гьабизе кӏочонге. Аллагьас кьун буго дуе лъикӏаб сахлъи, ризкъи, хъизан-лъимал, хӏалтӏи. Гьеб киналдасаго разиго вукӏине ва гьелъухъ щибаб къойил Тӏадегӏанасе аза-азар рецц гьабизе тӏадаб гьечӏищ? Хӏаракат бахъе гӏадамазулъ лъикӏабщинаб бихьизе, гӏунгутӏабазде балагье бералги къанщун. Анкьабго рахъ рекъарал гӏадамал рукӏунареблъи дуда лъай ва мунгоги гьединавлъун гьечӏеблъи бичӏчӏа.\nЛъикӏлъиялъ бекье хур\nКӏварго кьоге мацӏихъабаз бицунелде ва къватӏул харбазде. Хӏаракат бахъе гӏадамаз\nгьабулеб лъикӏаб иш бихьизе. Гъалатӏал кколарев чи вукӏунаро, амма лъил бугониги ккараб гъалатӏ гӏочӏода чӏвазе лъугьунге. Гьедин гьабиялъ лъиего пайда кьоларо. Чияр гӏунгутӏаби рехсеялъ я мун, яги дов чи талихӏавлъун гьавуларо. Халккве дурго черхалда хадуб. Сахлъиялдаса лъикӏаб нигӏмат цоги гьечӏелъулха. Киданиги кӏочонге Аллагь духъ балагьун вукӏин. Гӏибадат цӏикӏкӏинабе, Бетӏергьанасда гьаре мунагьал чурагийин, дуегоги диналъул вац-яцазеги дугӏа гьабизе къарумлъуге. Аллагьас кьурал нигӏматазухъ щукру гьабиялдаго цадахъ, гьезул пикруги гьабе. Гьеб мехалда дуда бихьила ва бичӏчӏила кигӏан гӏемераб нигӏмат, рахӏмат кьун мун гьаб ракьалда тун вугевали. Сахлъи ва хӏинкъигьечӏолъи, гьава ва лъим, квен ва ретӏел, мина ва рекӏине жо, мал-мулк ва лъимал, хъизан ва гьудул-гьалмагълъи… Гьебгощинаб бечелъиги кьун рахӏаталда тун вуго мун Бетӏергьанас, дудайин абуни гьеб кинабго бихьулебцин гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда, щукру-рецц гьабизеги кӏочон, жеги тӏадеги къваригӏун вуго. Руго кверал, хӏатӏал, бохдул, гӏундул, берал, кӏал, мацӏ… Дуда кӏола ният-къасд ккаралъуве ине, рагӏула бицунебщинаб, бихьула хӏажатабщинаб, кӏалъазе кӏола бокьарабщинабги бицун. Гьеб гурищ Аллагьасул рахӏмат?\nГӏалимчиясухъеги вачӏун цо мискин зигардула Аллагьас пакъирлъиялда тун вугин живиланги абун. Гьеб мехалъ гӏалимчияс гьесда абула гьеб дур канлъи щайин бичулареб нусазарго диргьамалдеян. Бичиларин кӏалъала мискинчи. Гьедин батани, нусазарго диргьамалде кверал яги бохдул ричейин гӏалимчияс абидал, гьелдаги разилъуларо мискин. Цинги гӏалимчияс абула: «Нусаза-азар диргьамалъул бетӏергьанлъунги вукӏаго кин дуда кӏолеб зигардизе», — ян. Гьеб мехалда бичӏчӏула мискинчиясда Аллагьасул рахӏматазе гӏурхъи-рахъго гьечӏеблъи.\nСон, жакъа ва метер\nКъасимех щвезегӏан чӏаго хутӏун ватани, ракӏ-\nчӏун вукӏунге радаллъагӏанги чӏаго хутӏизе ватиялда. Радалги чӏаго ватани, божуге къасиялдехунги гьебго хӏалалда вукӏине бегьулеб-лъиялда. Мун гӏумру гьабун вуго жакъа, ай\nгьабсагӏат. Араб нахъбуссунаро, букӏинесеб кинаб букӏинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. Гӏумру гьабе жакъа дунялалде виччарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гӏадин. Гьабулебщинабги гьабе ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гӏадин. Как базе лъугьиндал гьеб ахирисеб букӏин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букӏараб? Гьайгьай, тӏокӏаб гьечӏебгӏан цӏакъ Аллагьасе мутӏигӏлъун, хӏинкъун, чвахулаго магӏугун. Щайха гьедин баларого бугеб щибаб как, хӏакъикъаталдаги гьеб бан лъугӏизегӏанцин чӏаго хутӏизе ругищали нилъеда лъаларелъул.\nЛъикӏаб хӏалтӏи-иш гьабулелъулги гьеб гьа-бизе ккола ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гӏадин. Аралъул пикру гьабун ракӏ къварилъизе биччаге, кигӏан къварилъахъданиги гьеб буго нахъбуссунареб гӏумру. Хӏинкъунги вукӏунге бачӏине-бачӏинареб лъалареб букӏинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кӏолебщинаб, рес бугебщинаб. Метералде тӏамун тезе ккани, мун метерлъагӏан чӏаго хутӏиялда ракӏчӏунищ вугев? Щибаб лахӏзат хӏалтӏизабе жакъасеб къо гӏадада инчӏого букӏиналъе, гьабизе рес букӏараб лъикӏлъи метер гьабизе щвечӏого хутӏизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукӏа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцӏулги метер щиб ккелебали. Жакъа мун талихӏавлъун ватани, мун хӏакъикъаталдаги талихӏав чи вуго. Сон яги церекъад дун талихӏавлъун вукӏанин дуда ракӏалде кколеб батани ва кигӏан кӏудияб талихӏалъ дуда къвал бан букӏун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихӏ балагьулев ватани, гьебги буго гӏададисеб хӏалтӏи. Метерисеб къо я бачӏина, я бачӏинаро. Гьединлъидал хӏаркат бахъе жакъаго талихӏавлъун вукӏине. Хӏалтӏе ва дингун магӏишат гьабе дунялалдаги ахираталдаги Аллагь разилъуледухъ.\nЧӏобогояб хиял\nЦо-цо чагӏи рукӏуна талихӏ бикьулелъул жал гьоркьор тун ругин гаргадилел. Гьоркьов щивго тун вукӏунаро, гӏумруялдехун гьабулеб бербалагьи букӏуна щивасул батӏи-батӏияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гӏайиб. Гьелъие гӏайибияллъун цогидал гӏадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букӏине кколедухъ гӏумрудул къимат гьабунгутӏи ва гьабизе лъангутӏи. Гьединал чагӏаз гӏемер абула цо пуланабги пуланабги жо щвани, дидаса талихӏав чи вукӏинего ватиларилан. Минаги бугони, машинаги босани, хӏалтӏиги щвани, машгьурлъиги бачӏани, рикӏкӏине бегьилаха талихӏавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго салул авлахъалдасан унелъул мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукӏуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечӏого, къечон хола. Гьединал чагӏазда бичӏчӏуларо инсанасул анищазе гӏурхъиго букӏунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикӏкӏуна талихӏалъ рехун таравлъун. Гьедин букӏуна хвезегӏан. Гьединал чагӏазул талихӏкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутӏиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукӏуна жидерго гьечӏеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо Бетӏергьанас жидее кьуралдаса разиго рукӏине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гӏакълу бугев чияс киданиги абизе гьечӏо цо пуланаб жо щвараб мехалда вукӏине вугин дун талихӏавлъунин. Бугелда разилъи, Бетӏергьанасе рецц гьаби — гьеле талихӏав чиясул хасият. Щукру гьабуни, жеги цӏикӏкӏинабулинги абун бугелъул, Бетӏергьанас цӏикӏкӏинабула ва гьединав чи жеги талихӏавлъунги лъугьуна. Талихӏ буго щивав чиясул рекӏелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.\nМацӏ\nЛъица бугониги нилъеда нахъасан рагӏи абун яги какун калам гьабун батани, бихьулищин цо чиясул ягъзинлъийиланги абун цӏакъ рахӏатхун, ракӏбакъван рукӏуна ва лъугьуна нилъ. Пикру гьабидал, гьеб хӏалалда нилъецаго нилъеего гӏакъуба кьеялъе гӏураб гӏиллаги гьениб батуларо. Нилъее пайдаялъе, нилъ кантӏизелъун абураб рагӏи батани, гьайгьай, рохизе ккола ва лъикӏлъиялъе бицараб рагӏухъ баркала кьезеги намуслъизе кколаро.\nАмма нахъасан гьабураб калам кьучӏ гьечӏеб букӏин дуда якъинго лъалеб батани, гьелъулги ургъел гьабиларо. Щайгурелъул, гьеб буго жахӏдачагӏазул пиша ва гьелъ дуе щибго зарал гьабизеги гьечӏо. Я бицунесе, я гӏенеккарасе щибго пайда кьолареб калам аскӏосан биччан тезего рекъараб буго. Гьединазухъ гӏенеккичӏони, гьезул рагӏи гӏадахъ босичӏони, заманалдасан гьез жидецаго тезе буго дуда «ганчӏал речӏчӏулеб» гӏадат. Амма Аллагьасда ракӏ-ракӏалъ божулел, гӏибадаталъе кӏвахӏаллъуларел лъикӏал гӏадамаздаги рагӏи абулел чагӏаз мун какулев ватани, гьелдаса воха ва гьез рехсолел дурго гъалатӏал ритӏизаризе хӏаракат бахъе.\nБожилъи\nБищун талихӏкъарал гӏадамал руго жидер рекӏелъ божилъиялъул асарцин гьечӏел. Бетӏергьанас абун бугелъулха (магӏна): «Дун рехсоларезул гӏумру букӏине буго цӏакъго кьогӏаб», — илан (20:124). Инсанасул гӏумру талихӏалъул кунчӏиялъ къалъизабула Тӏадегӏанав Аллагьасде бугеб божилъиялъул къуваталъ. Дагьабниги гӏакълу бугев чиясда бичӏчӏизеги ккола гьаб дунял гӏицӏго Аллагьасде бугеб божилъиялъ хвасар гьабулеблъи. Божилъи гьечӏолъиялъ гурищ инсанияталдего гӏемерал балагьал рачӏарал. Бетӏергьанасде бугеб Божилъи инсанасулъ цӏикӏкӏун бугебгӏан мехалъ, цӏикӏкӏун талихӏавлъунги вукӏуна гьев.\nГӏедегӏунге\nЩибаб жоялъе букӏуна жинди-жиндир заман. Метер ккезе бугеб жакъа кинго кколаро, жакъа ккезе бугеб жакъа ккечӏогоги хутӏуларо. Нилъеца гӏемер бицуна метер ккезе бегьулелъул хӏакъалъулъ, ургъалилъ къан рукӏуна ккелищ-ккеларищали, бачӏинищ-бачӏинарищали лъалареб метерисеб къоялъул пикрабиги гьарулаго. Гьединал ургъалабаз, пикрабаз бакӏлъизабула бетӏер, чорок гьарула пикраби, лъугьуна рахӏатхун ва цо гьитӏинабго бугониги галиялъ рикӏкӏад гьарула талихӏалдаса. Ккеле-ккелареб, букӏине-букӏинареб лъалареб жо сабаблъун щай къварилъахъдизе кколел? Щай хӏинкъулел нилъеда жеги бихьичӏеб жоялдаса? Гьеб буго шайтӏаналъул хӏалтӏи, ай гьелъие бищун бокьулеб къагӏида: нилъ ургъалилъе ккезари ва нилъер ццим бахъинаби. Тӏадегӏанав Аллагьасул хирияб Каламалда буго: «Шайтӏаналъ рагӏи кьола нуж мискин гьаризе…», — ян (2:268). Шайтӏаналъ нилъер ракӏазулъе рехизабула нуж мискинлъизе, нужеде батӏи-батӏиял балагьал рачӏине рес бугин абураб пикру ва гьелъул мурадлъунги букӏуна нилъер ракӏазул рахӏатхвезаби, Аллагьасе гьабулеб гӏибадат мукъсанлъизе букӏине, мунагьал гьариялде нилъ цӏазе. Амма, хӏакъаб жо, гьеб малгӏун мурадалде щвезе гьечӏо. Аллагьасул хӏалкӏолъиялдалъун жакъа мун лъикӏ ватани, Ин ша Аллагь, метерги гьеб лъикӏлъи дуда тӏаса ине гьечӏо. Хирияб Каламалда Бетӏергьанас абун бугелъулха: «Гьабураб лъикӏлъи лъалеллъун ва рецц гьабулеллъун нуж ругони, Дица жеги цӏикӏкӏинабила», — ян (14:7). Гьелъул магӏна ккола нилъее кьураб нигӏматалъухъ нилъ кидаго Бетӏергьанасе рецц гьабулеллъун, Гьесда гьарулеллъун, Гьесдаса кумек-квербакъи тӏалаб гьабулеллъун рукӏине кколин абураб. Нилъ божараллъунги рукӏине ккола нилъер гьара-рахьи, дугӏа Бетӏергьанас къабул гьабизе букӏиналда.\nЩибаб къойилго гӏадин цо гӏиси-бикъинаб жо сабаблъунцин рахӏатхун рукӏуна нилъ. Гьедин рукӏаго, гӏемерисеб мехалда, нилъеда бихьулеб жоги букӏана гӏицӏго сурукъаб ва квешаб рахъ. Дагьаб пикру гьабуни рахӏатхвезегӏадаб жоги гьениб батуларо. Амма инсанас жинцаго балагьула рахӏатхвеялъе багьана, хӏатта гьава-бакъ рекъараб гьечӏин абунги толаро жиндирго ракӏ рахӏаталда. Щибаб къойил гьедин, ай нодоги букӏкӏинабун кьунсрулги хучизарун вугев чияс жиндирго гӏумру жинцаго бачуна къваридаб, бецӏаб нухде ва аскӏобго гвангъараб шагьранух букӏин бихьизего бокьуларо. Гьединаз пикруго гьабуларо Аллагьасул хӏалкӏолъабазул, Гьесул хӏикматазул, гьединав чи гъапуллъун хутӏула Къуръан цӏалиялдаса, гӏибадат гьабиялдаса. Бетӏергьанас бижанщиналъул, Гьесул тӏадегӏанлъиялъул ва хӏалкӏолъиялъул пикру гьабиги кколелъулха Аллагьасда божиялъул цо гӏаркьел.\nЦо-цо чагӏи рукӏуна кидаго хвалил ургъалида, щивав чияс хвалил лълъар гьекъезе букӏин хӏакъаб бугониги. Гьелдаса щивго хвасарлъизеги гьечӏо. Гьединлъидал гьелъул ургъалида рукӏинчӏого, нилъее лъикӏаб буго гьеб къо тӏаде бачӏинегӏан гьелде хӏадурлъи гьабулел рукӏине. Гьеб мехалда рукӏуна нилъ талихӏаллъунги."}
{"slug": "1972-islamal-ul-gialimzabi-va-l-avuk-ab-evropa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1972-islamal-ul-gialimzabi-va-l-avuk-ab-evropa", "title": "Исламалъул гӏалимзаби ва лъавукъаб Европа", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Аралда туманкӏ речӏчӏани, бачӏунелъ гӏарада балеб\nГьаб заманалда бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо-цо «гӏалимзабаз» хӏаракат бахъулеб буго исламалъул нухккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагӏи рукӏараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. Хӏакъикъатин абуни тӏубанго гӏаксияб букӏин, гьайгьай, хӏакъаб буго, ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батӏияб бугелъул, гьединаз хӏаракат бахъула хъахӏаб чӏегӏераблъун бихьизабизе.\nРачӏаха, бусурбабазул гӏалимзабаз батӏи-батӏияб заманалда, батӏи-батӏиял гӏелмиял бутӏаби церетӏезариялъулъ лъураб лъалкӏ бихьизабизе. Гьебгиха, Европа лъавукълъиялъул ва бецӏлъиялъул нухда букӏараб мехалда. Абизе ккола, исламиял гӏалимзабазул кумекалдалъун цебетӏеялъул нухде гали бегьанин Европаялъиланги.\nГӏелму – гъветӏ, гӏамал — пихъ\nГӏелму цебетӏезе ккани, хӏажалъула кагъат. Гьебгиха, гӏемераб кагъат. Гьединаб куцалда кагъат гьабизе къваригӏуна фабрика. Гьебги бичӏчӏун, 794 соналда Багъдадалда тӏоцебе гьединаб фабрика барав чи ккола ибн Фазил (739-805). Гьев вукӏана доб заманалда халиплъун вукӏарав Гьарун Рашидил вазирасул вас. Гьеб заманалда европаялъулазда кагъат гьабулеб къагӏида лъазего лъалароан. Хадуб гьединабго фабрика бана Египеталда (800 сон) ва Андалусиялда (950 сон). Кагъат гьабулеб фабрика 1100 соналда бана Византиялда, 1102 соналда – Сицилиялда, 1228 соналда Германиялда ва 1309 соналда – Англиялда. Хӏакъаб жо, кагъат гьабулел фабриказул кӏудияб кумек ккана гӏелму цебетӏезабиялъе, батӏи-батӏиял тӏахьал хӏадур гьариялъе. 891 соналда цохӏо Багъдадалда рукӏана тӏахьал хъвалезул 100-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Ал-Вакъиди (747-823) абурав машгьурав тарихчи хведал, гьесул нахъарокъоб батун буго 600-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб тӏехь жаниб бугел гъансал. Щибаб гъансил\nбакӏлъиялъул хӏакъалъулъги бицуна гьеб щуго чиясда хӏалица гурони багъаризабизецин кӏолеб букӏинчӏолъиялъ. Анцӏабилеб гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Сахӏип бин Гӏибадал библиотекаялда рукӏун руго доб заманалда Европаялъул тӏолалго библиотекабазда рукӏараздасаги цӏикӏкӏун тӏахьал.\nБусурбабаз гӏелму цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏа борцун хӏалкӏолеблъун букӏинчӏо. Гьел сундулго рахъалъан рукӏана цебесеб кьерда ва медицина, физика, математика, химия, гьединго цогидалги гӏелмабазда росана чӏахӏи-чӏахӏияб бергьенлъаби. Масала, местӏер ва философ ибн Синал (Авиценна) хӏакъалъулъ рагӏичӏев чи дунялалдаго ватиларо. Гьесул «Къанун» абураб тӏехь кколаан медицинаялъул бутӏаялда хӏалтӏулелщиназ пайда босулеблъун. 600 соналъ гьеб тӏехьалдаса гӏелму лъазабулаан Европаялъул университетазда цӏалулезгун хӏалтӏулез.\nМЕДИЦИНА\nГьесдего вахарав чилъун рикӏкӏуна тӏадерахъиялъул хӏакъалъулъ тӏоцересел хӏалтӏаби хъварав Разиги (864-925). Султӏан Фатихӏил мугӏалим Акшамсудиница (1389-1459) тӏоцебе хъвана микробазул хӏакъалъулъ. Азарго соналъ цебе барас унтул ва гьеб сах гьабулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ бицана ибн Жассарица. Ибн Хӏатӏипица (1313-1374) гӏелмияб къагӏидаялдалъун чӏезабуна къавуда, бахунеб унти кколеблъи.\nГьеб гуребги, беразул унтабазул ва гьел сахгьарулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ хъварал чагӏиги ккола бусурбаби. Ибн Рушдица (1126-1198) ва ХӀ гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Гӏали бин Гӏисаца беразул унтабазул хӏакъалъулъ\nхъвараб «Тазкира» абураб тӏехьалдаса пайда босулаан гьанже нахъалъизегӏанцин.\nИчӏго гӏасруялъ цеве вукӏарав Гӏаммар абурав гӏалимчияс берал унтаразе гьабулаан операция. Гӏали бин Гӏабасицайин (994 соналда хвана) абуни ракалъ унтарал сахгьарулаан, операцияги гьабун. Гьесул «Китабул Маликил» абураб тӏехьалъ жакъаги тамашалъизарула гӏалимзаби.\nАбулкъасим аз-Захравица (963-1013) хирургия хасаб гӏелму кколеблъиги чӏезабун, ургъана операция гьабиялъе хӏажалъулеб 20-ялдасаги цӏикӏкӏун тӏагӏел ва мухӏканго бихьизабуна щиб сундуе хӏажалъулебали.\nИбн Нафисица (1210-1288) европаялъулаздаса 300 соналъ цебе бихьизабуна би хьвадулеб къагӏида, ва гьеб лъугьана хадусеб гӏелалъе цӏакъго къиматаб хазиналъун.\nГьединго, 706 соналдаго Димашкъалда (Дамаск) рагьун букӏана больница. Европаялъулаздайин абуни больница щиб жо кколебали доб заманалда лъалебцин букӏинчӏо. 978 соналда гьеб больницаялда хӏалтӏулел рукӏана 24 батӏияб махщалил тохтурзаби. ХӀ гӏасруялда Къагьиралдаса (Каир) гӏалим Гӏали бин Ридваница бетӏерлъи гьабулаан тохтурзабазул гӏуцӏиялъе ва гьес хъвараб гӏелмияб хӏалтӏудаса жакъаги пайда босула гьанжесел тохтурзабаз.\nМАТЕМАТИКА\nМатематикаялъул гӏелмуялдаги кӏудияб бутӏа лъурал чагӏи ккола бусурбабазул гӏалимзаби. Масала, профессор Жак Рислерица хъвалеб буго: «Бусурбаби ккола математикаялъул гӏалимзаби», — ян. Цогидав профессор Е. Ф. Готьеца хъван буго: «Алгебра гуребги, математикаялъул цогидал гӏелмабиги Европаялда церетӏуна бусурбабазул кумекалдалъун. Гьединлъидал жакъасеб математикаялда абизе бегьула исламалъул математикайин», — илан.\nМасала, Европаялъ росараллъун ккана бусурбабаз ургъарал тарихал. Жиндир заманалда хӏалтӏизаризе захӏматал румазул тарихалги тун, европаялъулал рачӏун рукӏана «Индиялъул тарихазде». Хадур къабул гьаруна гӏарабазул тарихалги. Тӏоцебе гьел тарихал хӏалтӏизаруразул цояв ккола Леонардо Фибоначчи (1170-1240). Северияб Африкаялде щведал, гьесие гӏемераб гӏелму щун буго гӏарабаздасан. «0» тарихин абуни тӏоцебе хӏалтӏизабуна Хӏаризмаца (780-850) ва гьелдалъун кьучӏ лъунин абизе бегьула алгебраялъе. Алгебраялъул рахъалъ гьес тӏоцебе хъвараб тӏехьалда цӏарги букӏана «Ал-Жабр ва-л-Мукабала» абураб. Бакътӏерхьул улкабазда гьеб тӏехьалда абулаан къокъго — «Ал-Жабр» абун. Гьелъул цӏаралдасан бачӏараб буго «Ал-гебра» абураб рагӏиги.\nМатематикияб гӏелмуялъе кьучӏ лъуразул цояв ккола Баттани (858-929) абурав бусурбанчи. Жак Рислерил рагӏабазда рекъон, Баттани кколев рагӏула тригонометриялъул «эменлъунги». Синус – гьебги ккола исламиял гӏалимзабаз ургъараб жо. Гьез гьеб терминалда абулаан «Жайб» абун. Тригонометриялъул «тангенс», «котангенс», «косинус» гӏадал терминалги нилъее ирсалъе щвана исламалъул математик Абул Вафадаса (940-998). Тригонометриялъул гӏелму загьир гьабуразул цояв вуго Насредин Туси (1201-1274). Тригонометриялъул формулабазул бетӏергьанин абуни ккола ибн Юнус. «Бином Ньютона» абураб формула ургъаравги Ньютон гуро. Гьеб ургъарав чи вуго машгьурав шагӏир Гӏумар Хӏайям (1048-1123). «Дифференциалги» Ньютонида батичӏеблъи чӏезабуна гӏалимзабаз. Гьеб тӏоцебе батарав ккола Сабит бин Кура (901). Цо-цояз абула Декарт кколин (1596-1650) геометрия арифметикагун жубазабурав чийилан. Хӏакъикъаталдайин абуни, гьеб жубазабурав чиги ккола Сабит бин Кура. Анцӏилал дробал ва гьел хӏалтӏизарулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ тӏоцебе хъвана Гиясюдин Жемшидица (1429). Арифметикаялда запятая хӏалтӏизабуравги гьевго вуго.\nАСТРОНОМИЯ\nЩибаб исламияб улкаялда букӏанин абизе бегьула обсерватория. Гьенир хӏалтӏулез нахъе-тарал гӏелмиял хӏалтӏабаздаса пайда босулаан гьанже нахъаги. Парангазул машгьурав профессорас абун буго: «Математикиял гӏелмабаздаго гӏадин бусурбабазул астрономазги тана цӏакъго кӏудияб лъалкӏ», — ан. Гьедин абиялъе гӏиллаги ккола тӏоцебе бусурбабаз ургъараб букӏин астролябия. Гьеб гӏелмуялъул кумекалдалъун кӏола цӏваби ругеб бакӏ, гьезда гьоркьоб бугеб манзил борцине. Гьеб гӏелмуялда тӏасан тӏоцересел хӏалтӏаби хъварав чиги ккола Машаалагь абураб цӏаралда гъоркь машгьурлъарав бусурбанчи. Астролябиялъул цӏияб тайпайин абуни ургъана аз-Заркалица (1029-1087). Дунял шар гӏадинаб гургинккараб формаялъул букӏинги бусурбабазда лъалаан, гьелъул хӏакъалъулъ европаялъулазда щибго лъалеб букӏинчӏеб заманалдаго. Дунял гургинаб букӏинги ва гьеб жиндирго хӏосалда ва бакъуда сверун сверулеб букӏинги чӏезабун букӏана Бируница (973-1051). Гьебгиха, гьединаб цӏирагьи Коперникица гьабилелде 500 соналъ цебеккун. Гьединго Бируни ккола ракьалъул диаметр борцарав гӏалимчиги. Гьебго заманалда ракьул горсверуда бугеб манзил борцарав ккола X гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Мухӏаммад бин Муса. Ал-Ферганицайин абуни чӏезабуна бакъуда тӏад тӏанкӏал ругеблъи. Цогидав астроном Ал-Баттаница (877-929), европаялъулазда гьев лъала Албатегнус абун, X гӏасруялдаго гӏуцӏун рукӏана астрономиялъулал таблицаби.\nХалиплъун ва гӏалимчилъун вукӏарав Улугбегица (1394-1449) Самаркандалда бан букӏана кӏудияб обсерватория. Гьелъул ва гьединалго цогидалги обсерваториязул кумекалдалъун исламиял гӏалимзабазда лъалаан бакъ-моцӏ кида кквезе бугебали ва гьеб кквеялъе гӏиллаби. Гьезул хӏалтӏабаздаса жакъаги пайда босула астрономаз.\nГьайгьай, гьединал, ай астрономиялъул гӏелмуялда цӏар тарал гӏалимзаби бусурбабазул гӏемер рукӏана. Гьел киназулго цӏарал ва гьез ургъарал жалазулгун хӏалтӏабазул сияхӏ гьаниб хъван хӏалкӏоларо.\nФИЗИКА\nФизикаялъул бицунаго, тӏоцебе ракӏалде вачӏуна ХӀI гӏасруялъул ахиралда гӏумру гьабун вукӏарав Исмагӏил ал-Жазари. Гьев рикӏкӏуна гьанжесеб кибернетикаялъул «эменлъун». Ибн Хӏайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цӏар рагӏараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хӏалтӏи ва гьев ккола физикаялъул цо бутӏалъун кколеб оптикаялъе кьучӏ лъуравлъун. Гьесул хӏалтӏудаса пайда босулаан Европаялда рукӏарал гӏалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги.\nФараби (870-950) абулев гӏалимчияс баян кьуна гьаркьие, ай бихьизабуна физикаялда гьеб щиб кколебали. Ибн Карара (хвана 1100 соналда) ккола тӏоцебе харатӏалъул станок ургъарав чи. Инсанасда воржине кӏолеблъи чӏезабулеб букӏана Исмагӏил Жахӏравица (950-1010). Амма гьесул анищ гӏумруялде бахъинчӏо, битӏун гӏелмуялъул завалалде вахиндал къадаралде щвеялда бан. Гьесул анищин абуни гӏумруялде бахъинабуна Хезарфен Ахӏмад Челебица XVII гӏасруялда. Гьес ургъараб алаталъул кумекалдалъун инсан гьаваялдасан воржана Истамбулалда. Хӏасан Челебийин абуни рикӏкӏуна ракетаби ургъиялъе кьучӏ лъуравлъун. Ракетаялъе хӏажалъулеб цӏатариялъул кумекалдалъун «зодове» воржарав гӏалимчи ккола гьев. Гьев зодове воржараб къо букӏана Султӏан Мурадие яс гьаюраб къо. Эвлия Челеби абулев гӏалимчияс хъвалеб буго Хӏасаница гьаваялде вахъунелъул ахӏанила падишагьасде, мун толев вугин Бетӏергьанасда божилъи гьабун. Саламатаб манзилалъги боржун, гьев тӏад рекӏараб алат, гамачӏ гӏадин ракьалде бортун бачӏунеб мехалда, киназдаго ракӏалде ккун букӏун буго гьанже гурони гьанже гьев ракьалда речӏчӏилин. Амма Хӏасаница, жинцаго ургъараб парашютги рагьун, гьев бигьаго рещтӏун вуго ракьалда. Султӏанасде аскӏовеги вачӏун гьес махсара гьабун буго Гӏиса аварагас салам битӏанин дудейиланги абун. «Планер» тайпаялъул боржунеб алат ургъарав чийин абуни ккола ибн Фирнас. Гьебгиха 850 соналда. Бакътӏерхьул Европаялдайин абуни вацал Райтал тӏоцере «зодоре» роржана гӏицӏго 1903 соналда. Физикаялъул тӏахьазда хъван батула ракьалъул жиндего тӏаде цӏалеб хасият букӏин тӏоцебе Ньютоница загьир гьабунин. Амма, тарихалде раккани, гьелъул бицунеб буго Ар-Рази, ал-Беруни ва ал-Хазини гӏадал гӏалимзабаз. Гьединлъидал, ракӏчӏун абизе бегьула ракьалъул щибго жо тӏаде цӏалеб хасият букӏин бусурбабазул гӏалимзабаз Ньютон гьавилалдего чӏезабун букӏараблъи. Сагӏтил хьвади рекъезабулеб чарх, ай маятникалъулаб сагӏат ургъарав чи Галилей (1564-1642) вугин бицуна школазда. Хӏакъикъаталдайин абуни гьединаб сагӏат ургъарав чи ккола ибн Юнус (1009 сон).\nАл-Хазинил хӏакъалъулъ нилъеда гӏемераб жо лъаларо. Хӏ-ХӏI гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав гьес хъвараб «Мизанул Хӏикмат» абураб тӏехь рикӏкӏуна цӏакъго машгьураблъун. Гьесухъа бажарун буго гӏемерал веществабазул бакӏлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакӏлъи борцун букӏинчӏо. Гьесго борцун букӏана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи. Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакӏарун букӏиналъул ва гьелъул ядро бихх-биххун ине рес бугеблъиялъул хӏакъалъулъ тӏоцебе хъварав чи ккола Жабир бин Хӏаян (721-805). Гӏалимзабаз гьев рикӏкӏуна «химиялъул эменлъун». ХӀII гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Къутӏбудин Ширазица, Декартидаса 300 соналъ цебе гӏелмияб къагӏидаялъ баян кьун букӏана нур чӏеялъе букӏунеб гӏиллаялъе. Загӏипал электромагнитниял къуватазул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизеги кӏвечӏого хварав Эйнштейнил (1879-1953) гьеб иш гӏумруялде бахъинабуна бусурманав гӏалимчи Гӏабдусаламица. 1979 соналда гьев мустахӏикълъун вукӏана Нобелил премиялъул лауреат абураб цӏаралъеги.\nХИМИЯ\nЖабир бин Хӏаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гӏумру гьабун рукӏарал гӏалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щал жалалицин лъалареб заманалда, гьес ран рукӏана лабораториял ва гьенир гьарурал гӏелмиял цӏех-рехаздалъун дунялалдаго цӏарги рагӏана бин Хӏаянил.\nЦӏар рагӏарав химик ккола Абубакар ар-Рази (864-925), европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цӏаралда гъоркь, тӏоцебе сераялъул кис-лота ва бацӏцӏадаб спирт ургъарав чи хӏисабалда. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. Гӏарадабазе тункӏихер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана Фатихӏица (1432-1481).\nГЕОГРАФИЯ\nГеографиял гӏелмабазда абадияб лъалкӏ тараллъунги рехсола бусурбаби. Масала, Эвлий Челеби (1611-1682) ва ибн Батут (1304-1369) ккола дунялалдаго цӏар рагӏарал гӏалимзаби ва бицун хӏалкӏолареб гӏелмуялъул гвангъараб чирахъ наслабазе тарал чагӏи. Христофор Колумбица (1446-1506) хъвалеб буго Америкаялъул хӏакъалъулъ жинда лъанила бусурбабазул гӏалимзабаздасан. Хасго жиндие кумек кканила ибн Рушдил тӏахьазул. Масала, ал-Бируница (973-1051) Америкаялъул хӏакъалъулъ хъван буго анцӏила цоабилеб гӏасруялъул авалалдаго. Васко де Гамада Индиялде (1497-1499) нух малъарав чи ккола гамил капитанлъун вукӏарав ибн Мажит. Гьес ургъарал прибораздаса пайда босулаан европаялъулаз. Ал-Идрисица (1100-1166) 800 соналъ цебе бахъана дунялалъулго карта ва гьеб рикӏкӏуна гьанжесел картабазда цӏакъго релълъараблъун. Америкаялъул картайин абуни бахъана Пири Раисица 400 соналъ цебе. Гьесдасаги 52 соналъ цебе Кӏудияб (Средиземное) ралъдал карта ургъарав географ ккола Ибрагьим абурав бусурбанчи.\nБОТАНИКА ВА ЗООЛОГИЯ\nГьоркьохъел гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав цӏар рагӏарав ботаник ва фармацевт ибн Байтӏарил (1190-1248) хӏалтӏабазулъ батула 1400 чӏахӏ-хералда цӏар ва кинал унтабазе гьел хӏажалъулелали хъван. Гьесул тӏахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ. ХӀV гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Демирица хъван буго 1069 рухӏчӏаголъиялъул хӏакъалъулъ ва гьев рикӏкӏуна зоология цебетӏезабиялъулъ бергьун кӏудияб бутӏа лъурав гӏалимчилъун.\nТАРИХ ВА АРХИТЕКТУРА\nФилософиялъул тарихалда ибн Хӏалдун (1332-1406) машгьурлъана «социология» абураб гӏелмуялъе кьучӏ лъурав чи хӏисабалда. Гьесул хӏалтӏабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гӏалимзабаз гьесда абулаан «Гӏарабазул Монтескье» — йилан.\nЖиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечӏев архитектураялъул гӏалимчи вукӏана Хважа Синан (1489-1588).\nХАДУРАГӏИ\nГьанир рехсарал гӏалимзабазул къадар ккола цӏакъго дагьаб. Гьелин абуни бусурбабазда гьоркьор гӏемер рукӏана. Гьезул заманалда бусурбаби рикӏкӏунаан гӏелмуялда тӏадчӏарал, жидерго ишалъе ритӏухъал гӏадамаллъун.\nГьанже нахъагицин Европаялъул гӏалимзабаз гӏажаиблъи гьабулаан гьез ургъарал ва рахъарал гӏелмиял жалазулгун лъай-хъвай гьабидал. Гьез канлъи кьунин абизе бегьула Европаялъе. Амма гьезул гӏелмиял хӏалтӏабазул кьучӏазда жидерго цӏарал машгьур гьаруралги гӏезегӏан ккана.\nБидул хьвадиялъул бицунаго, ракӏалдещвезавула Гарвей (1578-1657); планетабазул хьвади рагьаравлъун рикӏкӏуна Кеплер (1571-1630) ва Коперник (1473-1542); бокьараб жо тӏаде цӏалеб къуват ракьул букӏин Ньютоница (1642-1727) чӏезабунин малъула гьабсагӏатги; атомалъул «эменлъун» рикӏкӏуна Эйнштейн (1879-1955). Хӏакъикъаталдайин абуни гьел киналго руго рехсарал гӏалимзаби гьарилалдего бусурманал гӏалимзабаз рагьарал ва ургъарал гӏелмаби.\nДоб заманалда гӏалимзабазда гьоркьоб цӏакъ машгьураб жолъун букӏун буго цоцазул гӏелму бикъи. Масала, Африкаялдаса Къунстӏантӏин (1016-1087), исламиял улкабазда медицинаялъул гӏелмабиги лъазарун вачӏана Европаялде ва гьесул «хӏалтӏаби» машгьурлъун рукӏана «Либер Пантегни» абураб цӏаралда гъоркь. 40 соналда жанир гьесул хӏалтӏаби рикӏкӏунел рукӏана кутакалда кӏвар бугеллъун. Амма Европаялдаса Стефан абурав гӏалимчияс чӏезабуна гьев «цӏогьор» кколевлъи ва гьел хӏалтӏаби 994 соналда хварав Гӏали бин Гӏабасил «Китабул Малики» абураб тӏехьалдаса хъварал рукӏин. Лъидаго рачӏел гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазул хӏасилалда баянлъана батӏи-батӏиял гӏелмаби церетӏезариялъулъ бищун кӏудияб бутӏа лъураллъун бусурманал гӏалимзаби кколеллъи. Гьебги кьучӏ гьечӏеб хабар гуро. Гьезул хӏалтӏаби гьабсагӏаталдаги цӏунун руго дунялалъул улкабазда ругел батӏи-батӏиял библиотекабазда ва гӏелмуялда тӏад хӏалтӏулезда гьеб якъингоги лъала. Масала, парангазул математик ва тарихчи Либрица (1803-1869) хъван буго гьадин: «Тарихалдаса бусурбаби нахъе рачани Европаялда гӏелму цебетӏеялъул хӏакъикъат рехсезецин нечезе руго», — ян. Бриффо абулев гӏалимчияс хъан буго: «Бусурбабаздаса гьанжесеб дунялалъе щвараб бищун кӏудияб давла ккола гьез гӏелмуялда лъураб кьучӏ», — абун. Густав Лебон мукӏурлъулев вуго Европа жагьиллъиялъулъ гъанкъулеб заманалда исламалъул тахшагьараллъун кколел рукӏарал Багъдадги Кордоваги рукӏанила халкъалъе канлъи кьолел бакӏаллъунин. Гьединал пикраби загьир гьарурал гӏалимзабазул сияхӏ цӏакъго халатаб буго ва гьел киналго гьанир рехсонги хӏалкӏоларо. Гьединлъидал, цоги нухалда абуниги, исламалъул гӏалимзаби рикӏкӏуна хӏакъикъаталдаги европаялъулазда канлъи чӏвазабураллъун.\nХӏабиб Мухӏамадов"}
{"slug": "1973-genub-khiriyab-ziyarat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1973-genub-khiriyab-ziyarat", "title": "Генуб хирияб зиярат", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Гъазимухӏамадил хӏукму ккана, цадахъ Шамилги вачун, гӏадамаз квалквал гьабулареб бакӏалдаги чӏун, жидерго гӏелму камил гьабизе…\nГӏодосанго Гъазимухӏамадги Шамилги рукӏана цӏалуде рокьи бугел, гӏелмуялда тӏадчӏарал, лъаялда хадур лъугьарал, кӏвахӏ-свак гьечӏого лъай босулел васал. Гӏелмуялде бугеб рокьиялъ ва цӏияб жо лъазе бугеб гъираялъ гьел, миллат-ракь цӏехечӏого, рачана доб заманалда Дагъистаналда рукӏарал цӏар бугел гӏалимзабазухъе. Гьез цӏалана цӏализе рес букӏарал киналниги гӏелмаби. Дарсал росана Нугъай авлахъаздаса Цӏоралъул расалъабазде щвезегӏан росизе рес букӏанщинал гӏалимзабазухъа.\n«Лъаялъул кӏалгӏа»\nКире гьел щваниги, гьезул лъаялдасаги гӏелмуялдасаги разиго хутӏана гьезие дарсал кьуралги, гьез дарсал кьуралги гӏадамал. Жидерго лъаялдаса гӏорцӏичӏо гӏицӏго гьел жалго. Гьезул свин гьечӏеб, хӏасратаб анищ букӏана жегиги гӏелмудул гъварилъабазде раккизе. Ахирги Гъазимухӏамадил хӏукму ккана, цадахъ Шамилги вачун, гӏадамаз квалквал\nгьабулареб бакӏалдаги чӏун, жидерго гӏелмуги камил гьабизе, шаригӏаталъеги гъазаваталъеги ургъизе, цӏияб гӏелму тӏаде щвеялъул мурадалда тӏахьалги цӏализе.\nТӏарада Хӏажикӏкӏалахъ ахал-хурзал лъугӏулеб ва рохь байбихьулеб бакӏалда, Ракъдакӏкӏалин абулеб гьитӏинабго кӏкӏалал рагӏалда, кваранаб рахъалда буго къимат тӏадегӏанаб зиярат. Гьеб ккола имам Гъазимухӏамадилги, Шамилилги, Гъазигъумекиса Жамалудин устарасулги, Ярагъиса Мухӏамад-апандиясулги цӏаразда хурхараб, хирияв Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) равхӏанияб рещтӏараб, хирияб бакӏ. Гьениб буго Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги ургъараб ва жидерго квераз бараб “лъаялъул кӏалгӏа”.\nШамилил милкалъул ракьалда, къанагӏат гурони гӏадан щолареб бакӏалда Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги бан букӏана, цо-кӏиго чи гурони щибалда жанив гьунареб, кӏиго цоцада цураб рукъ. Щибаб рокъобе лъун букӏана къватӏисан нуцӏа ва канлъи бачӏине гӏураб гьитӏинаб горду. Тӏалул ганчӏил къадалги\nгьарун рарал гьел гӏисинал рукъзал тӏад тӏокъун рукӏана чӏахӏиял къаназ, гьезда тӏаде миччилги букӏана бан.\nГьеб букӏана, хасгьабун, жалго жидедаго чӏун цӏализе бараб бакӏ. Цояб хӏужра букӏана Гъазимухӏамадил, цогияб – Шамилил. Щивав жиндирго хӏужраялъув гӏодовги чӏун, тӏубараб къоялъ цӏалдолаан ва гӏелму камиллъизабиялда тӏад хӏалтӏулаан. Рега-рахъине, тӏахьал лъезе ва гӏодор чӏезе гурони бакӏги букӏинчӏо гьел рукъзабахъ. Гьоркьоб гордуги тӏахьал цоцахъе регьизе ва цоцазе суал-жаваб кьезе тараб букӏана. Гӏицӏго гьез ургъараб куцалда гурони, тӏокӏаб батӏияб мурадалда хӏалтӏизеги гьаричӏо гьел гӏисинал хӏужраби киданиги. Имамзаби цереса индал, хирияб зияраталдеги сверана гьел.\nЦо-цо, къваригӏел ккедал, росулъеги ун, жалго жидедаго чӏун, лъай борхизабулаго, Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги гьениб лъагӏел банилан абула. Гьезде щвезеги, къваригӏараб-тараб босунги, росулъ бугеб хабар бицинеги, щаклъи ккараб цӏехезеги гӏадамалги хьвадулаанила гьенире. Гьалбал къабул гьаризеги кваназеги гурони, гьел цойидеги чӏолароанила.\nГьелда релълъараб ва гьединабго мурадалда хӏалтӏизабураб тарихияб бакӏ Дагъистаналда цоги кибниги букӏин загьирлъун гьечӏеблъиялъул хӏакъалъулъ дица цебего хъван букӏана (Генуб. Тарихалъул нугӏзал. Махӏачхъала, 1997). Гьеб гӏадатияб гуреб цӏалул бакӏги гьениб хӏалтӏизабулеб букӏараб цӏалул къагӏидаги мустахӏикъал руго Дагъистаналда лъайкьей цебетӏеялъул ва педагогикаялъул тарихалъул цӏех-рех гьабулел гӏалимзабаз жидеде кӏвар кьезе ва гӏелмиял хӏалтӏабазда гьоркьоре рачине. Гьеб рахъалъ хӏисабалде росизе мустахӏикъал мисалал нилъер имамзабазул хӏаракаталъулъ цоги-цоги дандчӏвала. Хасго имам Гъазимухӏамадил буго лъайкьеялъул махщалилав ва лъай тӏибитӏизабиялъул хӏаракатчи хӏисабалда кинабгӏаги биценго жиндир хӏакъалъулъ гьабичӏого хутӏараб ва гъваридаб гӏелмияб цӏех-рехалъе жиб мустахӏикъаб хӏаракат.\nУстарзабиги имамзабиги\n«Имам Гъазимухӏамад» абураб Хӏасанилав-дибирасул къисаялда дандчӏвала Ракъдакӏкӏалахъе, ай гьеб тарихияб бакӏалде Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) равхӏанияб рещтӏиналъул хӏакъалъулъ мухӏканаб бицен. Гьеб бицен кьезин къокъгьабун.\nРакъдакӏкӏалахъе Гъазимухӏамадихъеги Шамилихъеги щвезе рачӏун рукӏанила тӏарикъаталъул устарзаби Ярагъиса Мухӏамадги Гъазигъумекиса Жамалудинги. Гьенире щведал, Жамалудиница кӏварбуссинабунила лъабго тамашалъизе ккараб гӏаламаталде: Ярагъияв устарас жиндирго мурид Гъазимухӏамадида тӏаде ине изну тӏалаб гьаби – цо, Гъазимухӏамадица изну кьечӏеблъи – кӏиябго, Гъазимухӏамад къватӏиве ваккидал, устар хӏал хисун лъугьин – лъабабго. Тӏадруссунелъул Жамалудиница Мухӏамадида цӏеханила гьелъул хӏакъалъулъ. Ярагъияс гьеб кинабго гьадин баян гьабунила: Гъазимухӏамадида аскӏов Мухӏамад авараг (с.т.гӏ.в.) вукӏиндал, тӏалаб гьабунила жинца изну, Гъазимухӏамадица изну кьечӏила Аварагас (с.т.гӏ.в.) гьеб кьечӏеблъидал, Гъазимухӏамад къватӏиве ваккидал, жиндир хӏал хисанила, гьесда цеве вукӏарав Аварагасде (с.т.гӏ.в.) бер щведал.\nХӏасанилав-дибирасул тӏехьалда рехсараб гьаб мисалалъ гӏадатиял цӏалдолезда бихьизабула Ракъдакӏкӏалахъ зияраталъул тӏадегӏанаб даража. Гьелдаго цадахъ гьабги цогидалги гьесул асаралдаса баяназулъ руго тарихияб гӏелмуялъе, имамзабазул заманалъул тарихалъул цӏех-рех гьабулез ва гьеб тарих бокьулез кӏвар жидеде буссинабизе мустахӏикъал бакӏал. Цо-цо тарихиял суалазулъ мухӏканлъи гьабизе, мекъаб рахънибе ккараб тарихияб регел битӏизабизе, тарихалъе кӏвар бугел гъалатӏал ритӏизаризе рес кьолел далилал руго Генуса Хӏасаниласул асаралъулъ.\nЩиб мурадалда кӏиявго устар Генуб росулъе Ракъдакӏкӏалахъе рачӏине кколел рукӏарал, рикӏкӏадаб сапарги бухьун? Щиб гӏилла букӏине кколеб жидерго мурид Гъазимухӏамадиде гьез, цадахъ сапаралде рахъун, зиярат гьабизе ккани? Гьел суалазе жавабал кьелалде, Хӏасаниласул баяназда мугъчӏвайги гьабун, бицинин жеги цебе ккараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъги.\nГъазигъумекиса Аслан-хан\nГъазигъумекиб Аслан-ханасулгун букӏараб дандчӏваялда имам Гъазимухӏамадица гьесда согӏаб, адаб тараб гаргар гьабизе ккун букӏанила. Цебесеб жидерго дандчӏваялдаса хадуб имамасда ракӏалде ккун букӏанила ханасул пикру хисун батилин, шаригӏаталъе квербакъизе бокьун батилин, гьединлъидалин гьес жив гьаб нухалда жиндихъего ахӏаравин абун. Хӏакъикъаталда ханас гьев ахӏун ватанила жиндирго хӏаракаталдаса инкар гьабеян лъазабизе, гьабичӏони, жинцаги тезе гьечӏин, дуеги квеш ккезе бугилан хӏинкъалаби кьезе. Ханасул мурад бичӏчӏарабго, къватӏул гьведа гӏадин, данде жаваб кьун бажарулареб даражаялде ккезавун, чӏухӏи бекизабун, хъачӏго кӏалъанила гьесда Гъазимухӏамад. Рачун гьалмагъзабигун, гьенисаги анила, ханги ханасул чагӏиги сан гьаричӏого тун.\nХадуб ханасда лъан буго Ярагъиса Мухӏамадицаги Гъазигъумекиса Жамалудиницаги имам Гъазимухӏамадие тӏарикъаталъул устарлъи-ялъе изну кьун букӏин. Аслан-ханас гьел кӏи-ялго, цин Жамалудин, цинги Мухӏамад-апанди ахӏун руго жиндихъего. Вахӏщияв ханасухъа бажарун буго гьев кӏиявго шайих жиндикьаго хӏинкъизарун. Гъазимухӏамадил ургъелги гьесул ишалъул пикруги гьез гьабулеб букӏун гьечӏо гьеб заманалда, жалго ханасул кьварараб тамихӏалдаса рорчӏиялъул гурони.\nХанас кӏиявго устар тӏамун вуго Гъазимухӏамадихъе кьураб маъзунлъиги вирдалги хвезаризе, ай жидерго хӏукмуялдаса инкар гьабизе. Кӏиясдаго лъазабун буго хехаб куцалда гьединаб магӏнаялъул кагъат хъвайин, ва, гьебги босун, божарав чи Гъазимухӏамадихъе витӏейин. Хъван буго кӏиясго гьединаб кагъат. Гьелдаса хадуб кӏиявго устарасе мугӏжизат загьирлъун буго. Хӏасанилав-дибирасул тӏехьалда гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканго бицунеб хабар лъун буго «Ярагъиясул бадиса канлъи ин ва Гъумукъиясул кӏал-мацӏ кквей» абураб цӏаралда гъоркь. Гьел устарзаби данделъун, цоцада бицун буго ккараб-тараб ва цӏакъ рекӏелъе биччан пик-\nру гьабун буго киналъулго, кантӏун руго Гъазимухӏамадидехун мекъаб бербалагьиялъухъ Бетӏергьанас жидедаго мугӏжизат бихьизабун букӏиналде. Ракӏ-ракӏалъ тавбу гьабидал ва Гъазимухӏамад тӏасалъугьинавизе хӏукму ккедал, цебе букӏахъе кканила кинабго рукӏалиде.\nТарихиял хъвай-хъвагӏаязда дандчӏвала гьединаб кагъат хӏакъикъаталда хъван букӏиналъул хӏакъалъулъ, амма гьеб имамасухъе устарзабаз битӏун букӏинчӏин ва гьел кагъталги тӏагӏинарунин бицунел бакӏал. Тӏоцебесеб иргаялда, Жамалудин устарасул вас Гӏабдурахӏманидасан бачӏунеб буго гьединаб баян. Кин батаниги, гьеб кагъат Генубги лъалеб букӏин бихьулеб буго. Жибго кагъат яги гьелъул нусха нахъе цӏунунги букӏине рес буго, гьелда букӏараб хъвай-хъвагӏай такрар гьабун бицунел чагӏиги ругелъул. Масала, довго Гӏабдурахӏман. Лъаларо, битӏизего битӏичӏеб, хан тӏасавихьизе хъвараб кагъат сабаблъун, баракат бахинчӏого, тавбу гьабизе ва Гъазимухӏамад тӏасалъугьин тӏалаб гьабизе щай кколеб букӏараб? Лъалев Аллагь вуго.\nЦо-цо автораз кигӏан берцинго ва щиб хъваниги, макъала цӏалулезда бичӏчӏун батила Генуре Ракъдакӏкӏалахъе Ярагъиса Мухӏамадги Гъазигъумекиса Жамалудинги гӏицӏго Гъазимухӏамадиде зиярат бухьун, гьев тӏасалъугьинавизе рачӏарал рукӏин. Устарзабаздаги имам Гъазимухӏамадидаги гьоркьоб букӏараб хурхен щулалъана гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Цебехун босун тарихалда лъун бугебщинабги тӏаде журарал съездалги, имам вищиги, Ярагъияс гъазават гьабизе имамасда тӏадкъайги, гӏемераб батӏиябги буго букӏинчӏеб ва хӏакъикъат хисизабун бицунеб хабар. Хӏасанилав-дибирас бихьизабухъе букӏана Ракъдакӏкӏалалда цебесеб заманалда Гъазимухӏамадилгун Ярагъиясулги Гъумукъиясулги гьоркьорлъаби.\nКамилаб хӏаракат\nРакъдакӏкӏалахъ чӏеялдасан, гьенир ккарал лъугьа-бахъиназдаса Гъазимухӏамадил хӏаракаталъ цӏияб свери босана. Тӏахьазда нахъа, гӏелмуялъул нухда цӏех-рехалда ва гӏумруялъул мисалазда тӏад хӏалтӏулаго, Гъазимухӏамадицаги Шамилицаги гьеб заманалда гьабуна цӏакъго кӏудияб ва къиматаб пикрияб хӏалтӏи. Хунзахъ 1830 соналъул авалалда гьабураб битӏккечӏеб рагъул хӏасилалдаса гъваридал, имамасул хадусеб хӏаракаталъе пайда жидер цӏикӏкӏарал дарсалги росана гьез гьенир.\nРакъдакӏкӏалахъ рукӏаго, Гъазимухӏамадил пикруялъулъ щулалъана ва камиллъана жиндир хӏаракаталъе ва гъазаваталъе тӏарикъаталдасан рагӏа-ракьанде щун пайда босиялъул хӏакъалъулъ пикру. Имам Гъазимухӏамадил гӏакълуялъул унго-унгояб бегӏерлъи, гьесул гӏелмуялъул кӏодолъи, гьесул пикруялъул камиллъи цоги нухалъ тасдикъ гьабулеб гьеб хӏужжа жакъа къоялде щвезегӏанги тарихалда букӏине кколеб кӏвар жинде кьечӏеблъун хутӏун буго. Гӏалимзабазул, Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ хъвалел авторазул пикру жеги Гъазимухӏамадил пикруялда хадубгъун гьечӏеблъиялъ буго жеги-жегиги бицунебги такрар гьабулелги «кавказияб муридизм», «Ярагъиясул цӏияб гӏелму» гӏадал ва цогидалги нахъаса гьечӏел, гьодорал рагӏабазда бижизабураб тарихияб чӏанда.\nТӏубазе кколеб масъала\nХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда букӏараб гъазаваталъул, хасго имам Гъазимухӏамадил хӏаракаталъул тарих, цо-цо гӏалимзабазулги авторазулги хӏалтӏабазул хӏаракаталдалъун, мекъаб рахъалде сверун букӏиналъул хӏакъалъулъ дица цебеги рехсей гьабун букӏана. XX гӏасруялъул ахиралда битӏараб рахънибе ккезе рес букӏараб тарих мекъаб рахъалда тӏубанго щула гьабиялъе квербакъараб аслияб хӏалтӏилъун букӏана Ахед Агъаевасул «Мухӏамад Ярагъияв» абураб тӏехь чанго нухалъ басмаялда бахъараб ва басмаялдаса басмаялде жиб мекъаб рахъалде гъварилъараб. Гьеб, кьучӏ гьечӏел пикраби жиндилъ гьарзаяб асаралъ тӏуран хадур цӏан ана имамзабазул заманалъул хӏакъалъулъ бицунел тарихиял гӏалимзаби.\nГьанже гьеб хӏабургъин битӏизабизе цӏакъго захӏмалъизе буго. Гӏицӏго бацӏцӏадаб гӏелмияб рахъалда хъатӏун хутӏулеб хӏалалда букӏарабани, гьеб гьедигӏан цӏакъ захӏматги букӏинароан. Политикиял ва диниял рахъалги гьоркьор журазаризе рукӏиналъ захӏмат гьабизе буго гьеб масъала тӏубай дагъистаниязда жаниб. Кин бугониги, тӏубазабичӏого гьеб масъала хутӏизе ресги гьечӏо.\nЯрагъиса Мухӏамадица витӏун ккезавун, малъун, тӏадкъаял кьун, Гъазимухӏамадил имамлъиялъул иш цебе бачунеб букӏанин бихьизабиялдаса инкар гьабизе кколеблъи бихьула, Хӏасанилав-дибирасул асар гъваридго лъазабуни. Ярагъиявги хутӏаралги Гъазимухӏамадида тӏадрекъараллъи ва гьесда хадур рилълъараллъи хӏакъаб буго. Байбихьи гьелъие лъураб бакӏлъунги буго хӏакъикъаталда Ракъдакӏкӏалахъ зиярат.\nГьединаб хирияб зиярат буго гендерил Ракъ-дакӏкӏалахъ нилъер жагьиллъиялъ букӏине кколеб къимат кьечӏого хутӏун. Гӏадатияб тарихияб бакӏалде гӏадинабгицин бербалагьи гьелдехун тарихчагӏазулги гьечӏо. Бугинха гьениб цо кинабалиго динияб зияратилан абун, атеистазу-хъего гьелдехун бербалагьи гьабиялъул хӏасил батилаха гьеб.\nГьединаб къиматаб хӏалтӏи буго Генуса Хӏасанилав-дибирас ХӀX гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда хъван, нилъее нахъе тун. Нилъеца жакъа къоялде щвезегӏанги тӏаде хӏур ккезе тун, букӏине мустахӏикъаб даражаялда гӏелмияб цӏех-рехалдеги бачинчӏого тун буго гьеб къиматал далилаздалъун бечедаб асар. Гьесул тӏехь жиндир заманалда басмаялда бахъиялъул масъала камилго тӏубан гьечӏеблъи цо-цо макъалабазда рехсон букӏана дица. Гьединлъидал гьебго Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадихъ букӏаралда тӏасан хъвараб Хӏасаниласул тӏехьалъул нусха бахъун букӏана «Цӏулакьодул гъотӏокь» газеталда, къокъ гьабичӏого ва гъалатӏалги ритӏизарун. Хӏажат буго Хӏасаниласул асаралдехунги гӏелмуялъги тарихчагӏазги жеги гъваридго кӏвар кьезе.\nМухӏамаднаби Ибрагьимов"}
{"slug": "1974-giolilazul-khiarakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1974-giolilazul-khiarakat", "title": "Гӏолилазул хӏаракат", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хицӏиб майданалде гьабураб сапар\nГӏумру-магӏишаталде, буголъиялде балагьун кьола цо-цояз гӏадамазе къимат, гьелдалъун борцуна чилъиялъул даража. Сверухъ ругел гӏадамазул ургъелги кӏварги гьабулев, гӏага-божарал, росуцоял, миллатцоял рокьулев, гьединго умумузул, росдал, Ватӏаналъул тарихги, гӏадат-гӏамалги, хасиятги, яхӏ-намусги лъалев ва гьелда рекъон хӏалтӏулев инсан жакъа къанагӏат гурого гьечӏо. Гьаб заманалда гьединал чагӏи хӏажатги руго нилъер халкъалъеги миллаталъеги. Гьединавлъун рикӏкӏине мустахӏикъав вуго Шамил районалъул Гъогъолъ росулъ гӏурав Гъуниб районалъул Кӏуядаса (Чарахъа) Гӏабдайил Мухӏамадил Ахӏмадил вас Мухӏамадхӏабибги.\nГьал къоязда, ай 20 июналдаса гьесул хӏаракатчилъиялъул ва цевехъанлъиялъул хӏасилалда «Магӏарул чотӏахъаби» гӏуцӏиялъ Махӏачхъалаялдаса сапар бухьана сугъулдерил Хицӏиб майданалде щвезегӏан. Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хӏурматалда тӏобитӏараб гьеб иргадулаб (гъоркьиса чотӏахъаби Махӏачхъалаялдаса ун рукӏана Гъуниб магӏарде щвезегӏан) тадбиралъул мурад букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ миллияб яхӏ-намусги гӏадат-гӏамалги куцай, гьеб билизе биччачӏого, цӏидасан тӏадбуссинаби.\n22 июналда 50-гӏанасев чотӏахъан рещтӏана Хицӏиб майданалда. Умумузул къагӏидаялда ретӏа-къарал чотӏахъаби Сугъралъ росдал жамагӏаталъ къабул гьаруна бахӏарзал кинигин. Гьеб къоялъ Хицӏиб майданалда букӏараб дандчӏвай байрамалде сверанин абуни, мекъиги ккеларо.\nМуслим Гӏабдулаев"}
{"slug": "1975-18-chiyase-kuna-mashinabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1975-18-chiyase-kuna-mashinabi", "title": "18 чиясе кьуна машинаби", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏалтӏуда сахлъиялъе зарал ккаралги кӏочон толаро\nРоссиялъул социалияб страхованиялъул фондалъул ДРялъул отделениялъ, производствоялда къварилъиги ккун, сакъатлъарав 18 чиясе кьуна «Лада Гранта» маркаялъул машинаби.\nГьел хьезарун руго мугъзагьодгун бох-квер сакъатлъарав чиясе машина бачине санагӏатал алатаздалъун. Щибаб машинаялда буго кондиционерги АБС-тормозалги.\nПроизводствоялда сакъатлъарав инвалидасул ихтияр буго щибаб анкьго соналдаса хасаб автотранспорт кьеян хитӏаб гьабизе. Гъоркьиса машина кьун букӏана 25 чиясе.\n4,5 млн гъуршиде кумек гьабуна\nМискинзабазул рохел — закагӏат кьолел гӏемерлъи\n«Инсан» гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул пресс-хъулухъалда бицухъе, рамазан моцӏалда жаниб закагӏаталъе бачӏараб садакъа кьун буго 397 хъизамалъе ва гьеб киналъулго къадар бащалъун буго 4630004 гъуршида. Фондалъул вакиласул рагӏабазда рекъон, кумек гьабун буго закагӏат щвезе кколезул гӏицӏго 11 проценталъе.\n«Кумекалде ккарал цӏакъго гӏемер руго. Гьел киназего кумек гьабичӏого рес-\nги гьечӏо. Гьединлъидал нижеца ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабула закагӏат бахъаразеги хӏажатазухъе квер битӏанщиназеги», — ян абуна фондалъул пресс-хъулухъалда."}
{"slug": "1976-zhalgo-tiamize-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1976-zhalgo-tiamize-rugo", "title": "Жалго тӏамизе руго", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тротуараздаги низам цӏунизе ккола\nМахӏачхъалаялъул администрациялъул капиталиял бакӏал раялъул управлениялъул вакил Мурад Гӏалиевас халгьабуна тахшагьаралъул къватӏазда низам цӏуниялъул бугеб хӏалалъул. 28 июналда гьев щвана Абубакаровасул къотӏнор ран ругел коммерциялъулал бакӏазде. Гьезда цере рарал ва лъелго хьвадулезе квалквал гьабулел болъаби риххизаризе кколин лъазабуна гьес.\nДармил бакӏазул цо-цо бетӏергьабаз, жидее бихьизабуралдаса цӏикӏкӏун ракь-\nги хӏалтӏизабун, тукабаздаги кафе-рестораназдаги цере ралел руго болъаби, гьезде гӏагарлъулел бакӏалги сверун къалел руго. Гьелъул квалквал букӏуна лъелго хьвадулел шагьаралъулазе. Хасго квалквал букӏуна коляскагун нухаздасан унел инвалидазе.\n«Хӏинкъигьечӏел ва лъикӏаб даражаялъул нухал – 2018» абураб федералияб программаялда рекъон, улкаялъул шагьаразда къачӏазе ккола нухалги тротуаралги. Дармил объектазул бетӏергьабазда лъазабун буго чӏезабураб заманалда жанир квалквал гьабулел бакӏал риххизареян. «Лъабго къоялъул болжалалда дармил объектазул бетӏергьаби рачӏине ккола нижехъе ва жидер бетӏергьанлъиялда бугеб ракьул документалгун. Гьелда бихьизабуралдаса цӏикӏкӏун ракь гьез ккун батани, гьеб нахъе бахъизе буго», — ян бицана Мурад Гӏалиевас.\nЗалина Тӏагьирова,\nМахӏачхъала шагьаралъул\nадминистрациялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "1979-giajib-tiadchiezabize-kivechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1979-giajib-tiadchiezabize-kivechio", "title": "Гӏайиб тӏадчӏезабизе кӏвечӏо", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Сулейман Керимовасул рахъалъ Франциялъул низам цӏунулел идарабазул дагӏба лъугӏана\nКеримовасде гӏунтӏизабулеб букӏана, Франциялъул югалда мина босулаго, гьелъухъ налог кьунгутӏизе, декларациялда гьеб иш балъго гьабиялъул гӏайиб. «Каримовасул рахъалъ кинабгӏаги дагӏба гьечӏо, гьесде гӏунтӏизабулеб букӏараб гӏайибалдасаги инкар гьабуна. Кватӏичӏого гьесухъе тӏадбуссинабизе буго паспортги, нахъе кьезе буго гъоркьлъалие кьун букӏараб гӏарацги», — ян лъазабуна Сулейманил адвокат Никита Сычевас.\n2017 соналъул ноябралда Керимов ккун вукӏана Ницца шагьаралъул аэропорталда. Гьесде гӏунтӏизабун букӏана Франциялъул югалда мина босулаго, гьелъухъ налог кьунгутӏизе, декларациялда гьеб иш балъго гьабиялъул гӏайиб. Щуго миллион евроги кьун, Сулейман тун вукӏана туснахъ гьавичӏого, амма гьесухъа бахъун букӏана паспорт ва Приморские Альпы абураб департамент тун къватӏивехун ине гьукъунги букӏана. Ниццаялъул прокуратураялъ абулеб букӏана гьеб тамихӏ цӏакъго тамахаб бугин ва тӏалаб гьабулеб букӏана гьеб жеги кьваризабеян."}
{"slug": "1980-vatsl-iyal-ul-bukhenal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1980-vatsl-iyal-ul-bukhenal", "title": "Вацлъиялъул бухьенал", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Татьяна Гамалей дандчӏвана Ставрополь краялда вугев Дагъистаналъул вакилгун\nТатьяна Гамалейицаги Гӏабдула Гӏумаровасги бицана Северияб Кавказалъул кӏиябго регионалъул бухьенал щулалъизариялъул мурадалда гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ.\nГӏумаровас бицана, республикаялъул вакиллъиялъулги Мухӏамад-Салихӏ Гусаевасул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул халкъазул регионалияб централъулги, Ставрополалда ругел Дагъистаналъул халкъазул гӏолилазул жамгӏияб гӏуцӏиялъулги, Дагъистаналъул халкъазул миллиябгун маданияб автономиялъулги цадахъал ишазул хӏакъалъулъ. «Гӏемер хӏалтӏи гьабулеб буго туризмалъулги инвестициязулги рахъаз бухьенал гьариялъул мурадалдаги. Жигаралда тӏоритӏулел руго экстремизмалдасаги терроризмалъул идеологиялдасаги Дагъистаналъул гӏолилал рикӏкӏалъизариялъул мурадалда гӏуцӏулел тадбиралги», — ян абуна гьес.\nТатьяна Гамалейица бицана жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабазе министерствоялъ гьабулеб кумекалъулги, дармилгун экономикиялги, маданиялгун гуманитариялги, туризмалъулги рахъаз бухьенал камил гьаризе ккеялъулги хӏакъалъулъ.\nЩуго сонилаб «амнистия»\nДагъистаналда букӏине буго хасаб низам\nТокалъухъ мухь босиялъул рахъалъ Дагъистаналъе чӏезабулеб буго щугосонилаб хасаб низам. Гьединаб хӏукму гьабуна дагьалъ цебе РФялъул энергетикаялъулги транспорталъулги министрасул заместитель Вячеслав Кравченкол нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб видеоданделъиялда.\nГьелда гӏахьаллъана ДРялъул энергетикаялъулги транспорталъулги министр Сайгидпаша Гӏумахановги, «Дагестанская сетевая компания» АОялъул управляющий директор Муртазагӏали Гьитӏинасуловги, цогидалги.\nДанделъиялда бицана Дагъистаналъул потребителазе ток, цогидал регионазулазде дандеккун, учузго бичизе бугилан.\nМуса Азаев"}
{"slug": "1981-azerbajzhanaldasa-galbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1981-azerbajzhanaldasa-galbal", "title": "Азербайжаналдаса гьалбал", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Мадугьаллъи\n28 июналда Азербайжаналдаса Дагъистаналде бачӏана, Кавказалъул бусурбабазул управлениялъул председатель Шейхул-Ислам Хӏажи Аллагьшукюр Гуммет огъли Паша-задел нухмалъиялда гъоркь кӏудияб делегация. Гьелдаго гьоркьов вуго Азербайжан республикаялъул парламенталъул нухмалъулев Октай Сабирогъли Асадовги.\nМахӏачхъалаялъул «Уйташ» аэропорталда хӏурматиял гьалбадерида дандчӏвай гьабуна республикаялъул муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевас, ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновас, РФялъул Федерациялъул Советалъул председателалъул заместитель Иляс Гӏумахановас, хӏукуматалъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас, диниял гӏуцӏабазул ишазул рахъалъ комитеталъул председатель Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас ва ДРялъул муфтиясул заместитель Ахӏмад Кахаевас.\nАэропорталдасаго гьел киналго цадахъ ана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, машгьурав политикияв хӏаракатчи Гӏазиз Гӏалиевасе бараб памятникалъухъе ва гьениб тӏобитӏана гьев ракӏалдещвезавиялъул хӏурматалда гьитӏинабго дандеруссин.\nГьелдаса хадуб гьалбал щвана ДРялъул муфтияталде, ва республикаялъул муфтиясул кумекчи Мухӏамад Мухӏамадовас гьезие къокъго бицана гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги, бихьизабуна муфтият жаниб хӏебтӏун бугеб минаги.\nАзербайжаналдаса хӏурматиял гьалбал нилъехъе рачӏиналъе аслияб гӏилла буго пачалихъиявгун жамгӏияв хӏаракатчи Мухӏамад-Салам Гӏумаханов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялъул исана тӏобитӏулеб бугеб тадбиралда гӏахьаллъи."}
{"slug": "1982-balagal-tsol-izaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1982-balagal-tsol-izaruna", "title": "Балагьалъ цолъизаруна", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "24 июналда араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана Кӏикӏуниса лъабго гьитӏинай яс\n24 июналда кӏудияб къварилъи ва бакӏаб ками ккана Хьаргаби районалъул Кӏикӏуни росдал жамагӏаталъе. Лъабго яс (цоялъул букӏана микьго сон ва кӏигоязул – анкь-анкь) рокъоса къватӏие яхъана къалъулеб гӏужалда ва, араб бакӏ лъачӏого, тӏагӏана.\nГьел ралагьизе къватӏиве вахъана гӏага-шагарго микьнусгогӏанасев чи. 27 июналда сангар къана Аваргӏоралдаги Чӏегӏергӏоралдаги. «Гӏорал къана, ясал ралагьизе бигьалъиялъул мурадалда. Гьел ралагьизе вахъарав чиясул къадар мухӏканго абизе кӏоларо – гӏага-шагарго азарго чи вуго. Гьел ккола Хьаргаби, Гӏаймаки, Чӏалда ва Кӏикӏуни росабазул жамагӏатал», — ан баян кьуна Хьаргаби районалъул администрациялъул пресс-хъулухъалда.\n«Русгидроялъул» Дагъистаналда бугеб филиалалъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна, гӏоразда лъим дагь гьабиялъул мурадалда ГЭСазул хӏалтӏул низам хисизабулеб бугилан. Гьебги гьабуна ясал ралагьулел гӏадамазе бигьалъи букӏиналъе гӏоло.\n25 июналъул радалалде батана цо ясалъул жаназа. Хадусеб къоялда, къалъулеб гӏужалда батана кӏиабилебги жаназа. Лъабабилей яс жеги ялагьулей йиго…\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ ясазул эбел-инсудаги гӏагарлъиялдаги зигараги балаго, Аллагьасда гьарула кӏикӏундерил жамагӏат шапагӏат камун тогейилан."}
{"slug": "1983-matsial-ul-ustaral-nusgo-son-balaan-isana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1983-matsial-ul-ustaral-nusgo-son-balaan-isana", "title": "Мацӏалъул устаралъ нусго сон балаан исана…", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тираж дагьаб букӏиналъ ракӏ пашманлъизабула\nГьал къоязда къватӏибе бачӏана «Г. И. Мадиевалъул 100 сон» абураб тӏехь. Ракӏалде ккола, гьеб гьанже бачӏинги гӏадада батиларин, щайгурелъул рахьдал мацӏаздехун нилъер республикаялъул жамгӏияталъул пикру хисулеб бугелъул. Мацӏазул кӏвар, гӏолеб гӏелалъе гьезул хӏажалъи, миллияб тарих лъазе ккани, гьел гьечӏого гӏолареблъи гьанжего гьанже бичӏчӏулеб бугин ккола нилъер гӏадамаздаги.\nМунагьал чураяй Гулжагьан йикӏана гьеб суал бичӏчӏизабиялъе гӏоло гӏумру кьурай педагог. Магӏарул мацӏ, адабият цебетӏей, мацӏалъул диалектал лъазари, рахьдал мацӏалъул грамматика мухӏкан гьаби – гьел рукӏана Г. Мадиевалъ церелъурал масъалаби.\nГьелъ хъварал цӏалул тӏахьаз, хӏалтӏабаз бечед гьабуна нилъер мацӏалъул тарих. Гьелъухъ нилъеца ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе мустахӏикъай йиго магӏарул намусги къадруги цӏунун гӏумру гьабурай Гулжагьан.\nСтуденталлъун рукӏаго рагӏараб гьелъул сабураб кӏалъай гьанжеги букӏуна гӏинда багъулеб. Киназго абулаан гьелъул хӏакъалъулъ лъикӏай, гъваридаб лъаялъул, гьунар бугей, гӏадатияй гӏадан йигилан. Гьелъ гӏумруялъул ва цӏалулгун гӏелмуялъул дарсал кьуна нус-нус магӏарул васазеги ясазеги.\nТӏехьалъул авторал Муслимат Мадиевалъ ва Марин Шагьовалъ хӏаракат бахъун буго гьелъул гӏумруялъул ва гӏелмиябгун педагогикияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ бечедал баянал ракӏаризе, гьелъ гӏумруялда ва гӏелмуялда жаниб кколеб унго-унгояб бакӏ бихьизабизе.\nТӏехь бечед гьабун буго гӏагарлъигун, гӏумруялъул гьудулзабигун цадахъ рахъа-рал батӏи-батӏиял суратазги ракӏалде-щвеязги.\nКвеш ккараб жо буго 100 гурони тӏехь къватӏибе биччан гьечӏолъи. Узухъда, лъикӏаб букӏинаан магӏарул миллатги, мацӏги, цӏарги бокьулезухъе гьеб щвезе рес букӏарабани.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "1984-bishchungo-bishchungo-bishchungo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1984-bishchungo-bishchungo-bishchungo", "title": "Бищунго, бищунго, бищунго…", "date": "2018-07-05 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "4 000 000 долларалъул багьаяб номер\nБищун багьаяб реклама\nДухи Chanel N. 5 рикӏкӏуна дунялалда бищунго машгьураб махӏ бугеблъун. Гьелда рекъараб къваригӏинарищха рекламаги. Гьединлъидал гьелъул хӏакъалъулъ ункъо минуталъ бахъараб рекламаялъулаб фильм бищун хираго чӏараблъунги рикӏкӏуна. Гьеб бахана 44 миллион долларалде, ай клипалъул щибаб минуталъул багьа бащалъана 11 миллион долларалда. Духиялъе реклама гьабурай актриса Николь Кидмание гонорар хӏисабалда кьуна ункъо миллион доллар.\nБищун чӏахӏиял гӏундул\nБищун чӏахӏиял гӏундул ругеблъун рикӏкӏуна Африкаялъул пил. Гьелъул гӏундузул халалъи 1,5 метралда бащалъула. Амма гьеб ккола гьелъул чорхол ункъил бутӏа. Гьениб чемпионлъун рикӏкӏуна гӏундул халатаб тушканчик. Гьелъул гӏундузул халалъи бащалъула жиндирго черхалда.\nБищун къокъав баскетболист\nНБАялда хӏалел гӏемерисел баскетболистал борхатаб черхалъул рукӏуна. Хӏикмалъилъун рикӏкӏуна гьезда гъорлъе гьоркьохъеб ва къокъаб черхалъул чи ккей. Гьедин, 80-90-абилел соназда хӏаязда гӏахьаллъулаан 160 см борхалъиялъул бугев Маггси Богз. Жакъа къоялда дунялалда бищун къокъав профессионалияв баскетболист ккола Эрл Бойкинс. Гьев хӏала «Вашингтон Уизардз» командаялда ва гьесул чорхол борхалъи буго 165 см.\nБищун халатаб рагӏи\nГиннессил рекордазул тӏехьалде ракӏарун руго батӏи-батӏиял мацӏазда абулел бищунго халатал рагӏаби. 1993 соналда гьенибе босараб бищун халатаб рагӏилъун рикӏкӏунаан «рентгеноэлектрокардиографического» абулеб гӏурус рагӏи. Гьеб гӏуцӏун буго 33 хӏарпалдаса. 2003 соналда гьеб хисана «превысокомногорассмотрительствующий» абулеб, 35 хӏарпалдасан гӏуцӏараб рагӏиялъ.\nЛъаларо кинал тӏалабаздалъун гьел рагӏаби Гиннессил тӏехьалде росаралали, гӏурус мацӏалъул тӏалабазда рекъон, гӏуцӏизе бегьула бокьараб халалъиялъул рагӏаби. Масала, химикиял цолъабазул цӏарал: никотинамидадениндинуклеотидфосфатгидрин (40 хӏарп) ва тетрагидропиранилциклопентилтетрагидропиридопиридиновый (55 хӏарп) яги кӏодолъи-гьитӏинлъиялъул бицунеб — тысяча девятьсот восьмидесяти девятимиллиметровый (46 хӏарп).\nБищун хирияб хӏан\nДунялалда бищунго хирияблъун рикӏкӏуна сербазул Zasavica абулеб компаниялъул хӏан. Гьеб гьабула хӏамил рахьдал ва гьелъул цо килодул багьа ккола 1000 евро. Хӏанил цо кило гьабизе хӏажалъула хӏамил 25 литр рахьдал, гьедигӏанасеб рахь хӏамидаса бечӏчӏула тӏубараб лъагӏалида жаниб. Хӏамил рахь рикӏкӏуна инсанасул тӏом берцин гьабулеблъун. Аби буго, Египеталъул хан Клеопатраца хӏамил рахь жиндиего ваннаби гьаризе хӏалтӏизабулеб букӏанинги.\nБищун багьаяб номер\nГӏараб Эмиратазда тӏоритӏула машинабазул чӏухӏарал номерал ричиялъул аукционал. 2007 соналда гьеб аукционалда щун букӏана 136 миллион доллар. Бищунго багьаяб номер «1» бичун буго Абу-Даби шагьаралдаса Сагӏид Гӏабдул Гъаффар Хоерие 14 000 000 долларалде.\nБищун чӏедераб мина\nПольшаялъул архитектор Якуб Щесныл цо нухалъ бер речӏчӏана гӏемертӏалаяб кӏиго минаялда гьоркьоб бугеб къваридаб бакӏалда. Гьесул пикру ккана гьениб рукъ баялъе проект бахъизе. Дунялалда бищунго чӏедераб мина бана 2012 соналда, гьелъул гӏеблъи ккола 1,5 метр. Гьениб буго гьалбадерил рукъ, регулеб рукъ, богорукъ ва хӏамам.\nДандегьаруна Нури Нуриевас"}
{"slug": "1986-zigari", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1986-zigari", "title": "Зигари", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "2018 соналъул 3 июлалда гӏумуруялдаса ватӏалъана Россиялъул Федерациялъул мустахӏикъав энергетик, Дагъистан Республикаялъул пачалихъиявгун жамгӏияв хӏаракатчи Хӏамзат Мухӏамадович Хӏамзатов.\nХӏамзат Мухӏамадович гьавуна 1938 соналъул 25 августалда рагъулав хъулухъчиясул хъизамалда, Сугъралъ росулъ. 1970 соналда лъугӏизабуна Ленинградалъул гуми гьарулеб институт, ва гьесие щвана инженер-электромеханикасул махщел. 1974 соналда хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул энергосистемаялде. Захӏматалъулаб биография байбихьана электросетазул хъулухъалъул кӏудияв инженерасул хӏалтӏудаса. Хадув хӏалтӏана «Дагъэнергоялъул» районалда букӏараб энергетикияб управлениялъул капиталияб бакӏал раялъул отделалъул начальниклъун. Хӏалтӏана Хьаргаби электросетазул директорлъунги. 1983 соналъул маялдаса — «Дагъэнергоялъул» генералияв директорасул заместитель, 1993 — 2006 соназда — «Дагъэнергоялъул» генералияв директор. Гьев кколаан цӏатариялъулгун энергетикияб комплексалъул суалазул рахъалъ Дагъистан Республикаялъул президентасул гӏакълучиги. Гьесул жигарчилъиялдалъун цӏигьабун къачӏана Хьаргаби ГЭС, хӏалтӏизе биччана Ахти ГЭС. 2005 соналда гьесул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏизе биччана Гъуниб ГЭСги.\nХӏамзат Мухӏамадович кӏиго нухалда вищана Да-гъистан Республикаялъул Пачалихъияб Советалъул членлъун. Жигараб гӏахьаллъи гьабулаан республикалъул жамгӏияб гӏумруялъулъ. Гьес бетӏерлъи гьабуна Гӏабдурахӏман-хӏажи шайихасул цӏаралда бугеб регионалияб жамгӏияб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъе. Гьев кколаан Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб жамгӏияб фондалъул президентги. 2011-2017 соназда нухмалъи гьабуна Дагъистан Республикаялъул Жамгӏияб палатаялъеги.\nКинаб хӏалтӏуде кканиги, гьес живго вихьизавуна гьабулеб ишалде жавабчилъи цӏикӏкӏарав хӏалтӏухъан хӏисабалда.\nХӏ. М. Хӏамзатовасул хӏалтӏуе тӏадегӏанаб къимат кьуна пачалихъалъ. Гьесие кьун рукӏана Гьудуллъиялъул ва «Дагъистан Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» орденал, Дагъистан Республикаялъул Хӏурматалъул грамота, «Гӏагараб ракьалде рокьиялъухъ» абураб Дагъистан Республикаялъул гӏаламат. Хӏамзат Хӏамзатов кколаан Россиялъул\nФедерациялъул ва Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав энергетик.\nВасильев В. А., Шихсагӏидов Х. И., Здунов А. А., Иванов В. В., Ахӏмадов С. С., Карибов А. Ш., Хӏасанов А. М., Давдиев К. М., Ельникова Е. А.,Махӏмудов М. Г., Жафаров Р. Д., Идрисов Хӏ. И., Гӏумарова У. А., Толстикова Е. А., Мухӏамадов А. Д."}
{"slug": "1988-diagnostikiyab-tsentr-kvalkvalal-va-mas-alabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1988-diagnostikiyab-tsentr-kvalkvalal-va-mas-alabi", "title": "Диагностикияб центр: квалквалал ва масъалаби", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Кванидаги лъедаги бараб гӏемер букӏуна\nХимия гъорлъ гьечӏеб нигӏмат жакъа къанагӏат гурони дандчӏваларо\nКъоло хадуб сон буго Буйнакск шагьаралда бугеб диагностикияб централъул нухмалъулевлъун тӏадегӏанаб категориялъул тохтур Шамил районалъул Могьохъ росулъа Батир-Ахӏмад Гӏумаров хӏалтӏулелдаса. Централъул хӏалтӏулги, унтаразе гьабулеб хъулухъалъулги, цогидалъулги хӏакъалъулъ гара-чӏвари гьабуна Батир-Ахӏмадилгун.\n12 районалъе хъулухъ гьабула\n— Дуца нухмалъи гьабулеб централъ Буйнакск шагьаралъул ва районалъул гӏадамазе гурони хъулухъ гьабулищ?\n— Гьедин гьабулеб букӏана 1997 соналда дун бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏизе вачӏараб мехалда. Буйнакск шагьаралъул диагностикияб центрги букӏана республикаялъул диагностикияб централъул филиаллъун. 2007 соналда гьеб жибго жиндаго чӏараб ва районазда гьоркьосеблъун гьабуна. Республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон, нижеда хадуб щула гьабуна анцӏила кӏиго мугӏрузул район.\n— Централъул бетӏерав тохтурлъун вачӏинегӏан кив мун хӏалтӏарав, медицинаялъул хӏалтӏул хӏалбихьи кисан байбихьараб?\n— 1987 соналда Дагъмединститут лъугӏун хадуб лъабго соналъ хӏалтӏана Буйнакск шагьаралъул централияб больницаялда тохтур-функционалистлъун. Гьенисан витӏана Шамил районалде, Госсанэпиднадзоралъул централде бетӏерав санитарияв тохтурлъун. Анкьго соналъ гьенив хӏалтӏун хадув вачана гьаб хъулухъалде.\nЦо къоялда жаниб – 300 унтарав\n— Чан хӏалтӏухъан вугев централда, гьезие хӏалтӏизе ресал ва санагӏалъаби чӏезарун ругищ?\n— Лъабкъоялда микьго чи вуго нижер коллективалда. Хӏисаб гьабеха, нижеда рухьинарурал районазда гӏумру гьабулеб халкъалъул къадар бахуна бащдаб миллионалде. Центр буго щутӏалаяб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда. Унтарал къабул гьаризе бакӏ гӏоларого, хӏалкъаялъ, рентгеналъул отделение ва консультациялъулаб поликлиника рагьун буго централда мадугьалихъ ругел минабахъ ижараялъе росарал рукъзабахъ.\n— Централъе цогидаб бакӏ тӏалаб гьабун ялъуни цӏияб бакӏалда базе ккеялъул суал лъечӏищ министерствоялда цебе?\n— Чанго нухалъ гӏарз бахъана республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялде. Гӏарац гьечӏин, рес гьечӏин кьола жаваб. Буйнакск шагьаралъул ва районалъул администрациязда кумек гьарани, гьезги тӏаса ккезарула диагностикияб центр районазда гьоркьосеб бугин, жидеца кумек гьабизе кколаринги абун. Хӏалтӏул хӏалуцин букӏиналъул цо мисал рехселин. Центр жаниб хӏебтӏун бугеб минаялъул гӏатӏилъиялда рекъон, цо къоялъ нижеца къабул гьавизе ккола кӏикъоялда анцӏила анлъго чи. Хӏакъикъаталдайин абуни къабул гьавула лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун унтарав. Мисалалъе, свакан ругилан, планалда рекъон тӏокӏав чи къабул гьавизе гьечӏилан кин къалел нуцӏби чанго сагӏат нухдаги бан Цӏунтӏаса ялъуни Лъаратӏаса, Цӏумадаса вачӏарав унтарасда цере.\nХӏажатабщинаб буго\n— Медицинаялъул алатаздалъун, аппаратаздалъун хьезариялъул рахъалъ централъул иш кин бугеб?\n— Гьеб рахъалъ централда буго гьанжезаманалъул кинабго цӏияб, функционалияб диагностикияб аппаратура, УЗИ, ФД, эндоскопия, рентген-лаборатория, ультразвукалъулаб компьютералъулаб томограф, МРТ ва цогидабги. Нижер буго хасаб консультациялъулаб поликлиникаги. Гьез унтарасул бугеб къварилъиялъухъ балагьун витӏула кколев тохтурасухъе. Инсанасул кинабго унтул цӏех-рех гьабула нижер гьаниб – кванирукъалъул, бакьазул, рекӏел, рекӏел машабазул, ботӏрол, чӏахӏиял нервабазул ва гь.ц.\nЛъималазе хас гьабураб гьечӏониги, эбел-инсуца рачун цӏех-рех гьабизе лъимал рачӏин гӏемерлъидал, нижеца централда рагьана лъагӏел баралдаса анцӏила анлъго сон балел лъимал къабул гьаризе хасаб УЗИ-кабинет.\n— Цӏех-рехги гьабун, тӏатинабуна гӏузру, хадуб щибха гьабулеб?\n— Чӏезабураб унтиги бихьизабун, централде рачӏарал ритӏула гьел нижехъе ритӏарал районазул поликлиникабазде. Нахъбахъун тезе бегьулареб гӏузру, унти, хехго операция гьабизе кколел гӏадал чагӏи ритӏула больницабазде.\n— Централде рачӏунезе щиб хӏажалъулеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, направление, паспорт, медицинаялъулаб полис.\n— Направление гьечӏого цӏех-рех гьабизе унтарав вачӏани…\n— Гьевги нижеца къабул гьавула, амма гӏарцухъ гьабула медицинаялъулаб хъулухъ. Щибаб цӏех-рехалъухъ чӏезабураб багьа буго, гьелда рекъон централъул кассаялде гӏарац кьезе ккола ва киназдаго бащад гьесие гьабизе кколеб хъулухъги гьабула. Гьел багьабиги анцӏила ункъо соналъ цере рукӏаралдаса тӏаде рахинаричӏо. Нилъер гӏадамазул кӏудиял ресал гьечӏолъиги хасго магӏарухъ ругезул яшавги хӏисабалде босун.\n— Централъул нухмалъулев хӏисабалда, коллективалъул хӏалтӏудаса рази вугищ мун?\n— Вуго, щай абуни, гьанир хӏалтӏулел руго ишалде рокьи бугел, ракӏбацӏцӏадал, унтарасул унти, гӏузру жидерго гӏадин къабул гьабулел медицинаялъул хӏалтӏухъаби. Батӏайиса пикру бугев чи нижер гьанив хӏалтӏуларо. Баркалаялъе мустахӏикъал киназулго дица цӏарал рехсани, халалъила. Амма чанго соналъ централда хӏалтӏулел, коллективалъул намусилан дица рикӏкӏунел чангоязул цӏарал абила. Гьел ккола УЗИ-тохтурзаби – Гульнара Айболатова, Патӏимат Элдарбегова, эндоскопист Шарапудин Салаватов, терапевт Мухӏамад Хӏайбулаев.\nКвенги, лъимги, хьвада-чӏвадиги\n— Гьанже чӏахӏияб гӏелалъул гӏадамаз, гӏалимзабаз ва гӏадатиял чагӏаз абулеб буго цебе гьанжегӏан гӏемер унтаралги унтабиги рукӏинчӏилан. Тохтур хӏисабалда, гьеб рахъалъ дуца щиб абилеб?\n— Гьаб хехаб информациялъул\nгӏасруялъ гӏадамазул рукӏа-рахъиналда, психологиялда асар гьабичӏого толаро, ай чиясул нервабазе, ракӏалъе къабуллъуларел гӏемерал сверухъ лъугьунел ругел ишазги чорхое лъикӏаб асар гьабулеб гьечӏолъи ва гьел гурелги цогидал заманалъул «сайгъатал» гӏемерлъулел руго. Гӏумру цебетӏунагӏан, рес бугеллъун лъугьанагӏан, гӏадамазул хьвада-чӏвади, квана-гьекъей хисулеб буго. Кӏиабилеб гьаваги, ай экология буго чорок гьабулеб. Инсанасе бищун хӏажалъулеб жо буго лъим. Киб бугеб гьанже бацӏцӏадаб лъим? Магӏарухъ иццухъа бачӏаралдаса ралъдахъе щвезегӏан лъим чорок гьабулеб буго. Гьеб лъим нилъецаги гьекъолеб буго.\nКванилъ киса-кибего буго химия. Жакъа тукабазде бачӏунеб ханжу, бекьаралдаса тукаде щвезегӏан, химиялъул цӏолеб буго. Гьединго химия гъорлъ бугел руго цогидал нигӏматалги… Квандаги гьекъолеб лъедаги бараб гӏемераб букӏуна.\n— Гӏадамазул гӏарзал рукӏуна цо-цо сахлъизариялъул идарабазда тохтурзабаз гӏарац тӏалаб гьабулин…\n— Бичӏчӏана. Дун централъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулеб къого соналда жаниб нижер хӏалтӏухъабаздасан цониги чи гӏарзалъ вачӏинчӏо. Нижер гьаниб хӏалтӏухъабазе гӏураб харж чӏезабунги буго. Гьеб гуребги, щивав медициная-лъул хӏалтӏухъанасда, кагътида гъолбасги гьабун, кьварун лъазабун буго гьединаб хӏужа батани, я махӏ чӏвани, гьебго къоялъ хӏалтӏудаса ине вугеблъи.\nГара-чвари гьабуна\nПайзула Пайзулаевас."}
{"slug": "1989-iskusstvoyal-ul-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1989-iskusstvoyal-ul-giadamal", "title": "Искусствоялъул гӏадамал", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул кучӏдузул чвахи\nХадижат Жамалудиновалъул хӏасратал сариназухъ гӏенеккулелъул…\n— Гӏела хабар бицараб. Гьанже цо дихъги гӏенекке. Гьабсагӏаталда нужехъе гьоболлъухъ ячӏине йиго кочӏохъан Манарша Дибирова. Хӏадурлъе концерталъухъ гӏенеккизе. Белталги учузаб багьаялде ричизе руго дица.\nГьедин байбихьулаан гьитӏинай Хадижатица гьоболлъухъ рачӏаразеги, гӏага-божаразеги, хъизамалъеги кучӏдул ахӏизе. Кодоб тӏилил гьабураб «микрофонги» ккун, жий Манарша йигиланги абун, ахӏулаан гьелъ кучӏдул. Зама-заманалдаса мадугьалзабиги щолаан гьезухъе, Манаршахъ гӏенеккизе рилълъаниланги абун. Гьедин тӏамуна Хадижатица магӏарул кочӏолаб дунялалде тӏоцересел галаби. Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал…\nМагӏарул кечӏги Хадижатги\nЛъугӏана гӏагараб росдал школа. Хадижат цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, музыкалияб училищеялде. Гьениб байбихьана кочӏохъаналъул пагьму тӏегьазе. Гьенисан рагӏана магӏарулазда гӏолохъанай кочӏохъан Хадижат Жамалудиновалъул гьаракь — магӏарул шагӏир Залпа Мухӏамадрасуловалъул рагӏабазда гьелъ ахӏана «Дица мун дихъего ахӏизе гьечӏо» абураб кечӏ.\nЖиндир пагьму-гьунар тӏатиналъе кумек гьабунин композитор Ахӏмад Гӏамирхановасилан бицана Хадижатица. Кечӏ ахӏизе гӏолилалъул бугеб гьунаралъул бицунев рагӏарав гьев щола училищеялда ва лъай-хъвай гьабула кочӏохъаналъулгун. Цинги лъагӏалидасан лъай-хъвай ккана Залпалгунги. Училищеялда цӏалулеб заманалда, чанги цее яхъана Хадижат жиндирго кечӏгун. Магӏарул музыкалияб маданияталде жиндирго тарихгун, хаслъигун, цӏаргун, цӏвагун, магӏарул кочӏолъ инкъилабги гьабулаго, ячӏана Хадижат.\nВатӏаналъухъ ккараб гӏищкъудал цӏадухъ\nИнсанасе къисматалъ хӏадур гьарун ратула жиндирго хасал сайгъаталги. Мутӏигӏлъана гьелъие Хадижатги. Гӏолилалъ къо-мех лъикӏ гьабуна гӏагарал мугӏрузулгунги, хӏасратаб Дагъистаналъулгунги,\nжиндир кочӏохъ рокьи ккарал магӏарулазулгунги. Иорданиялда бараб микьго соналъ гьелъул рекӏелъ гьелегьана ватӏаналде бугеб гӏищкъул цӏа. Гьеб цӏаялъ бицунаан гьелъие гӏагарал мугӏрузул къиса, гьеб цӏагун цадахъ ахӏана гьелъ нусабго лага сорозабулел магӏарул кучӏдул. Гьеб цӏадул цӏураб каранлъ тӏегьана ватӏаналъул саринал. Ватӏаналдаса рикӏкӏад йикӏаниги, гьелъул анищал роржунаан магӏарухъе. Пашманлъиялъул пикрабаз угьарал сариназул салам битӏулаан гьелъ жиндирго лъимерлъи араб гӏагараб росулъеги, Махӏачхъалаялъул музыкалияб училищеялдеги, гьудул-гьалмагъзабаздеги, гӏага-божараздеги. Доб гӏищкъудал цӏадул куркьбазда сордойил щолаан гьей гӏагараб Дагъистаналде. Рикӏкӏалъанагӏан, хиралъулел рукӏана магӏарулазе Хадижатги гьелъул кечӏги…\nХӏасратай кочӏохъан\nВа цӏидасанги Дагъистаналда рагӏана Хадижат Жамалудиновалъул гьаракь. Гьеб рокьул дандерижилъун боржана магӏаруллъиялда тӏад. Гьенир бищунго рорхатал мугӏрузул тӏогьазда тӏавапги гьабулаго, гьелъ рещтӏен гьабуна магӏарулазул ракӏазулъ. Кочӏохъаналъ гьезие бицана магӏарул бахӏарчияб тарихалъулги, гьеб тарих бидуца хъварал бахӏарчиял васазулги, ясазулги, ахӏана гьелъ мугӏрул намусалъулги, гьелда тӏанкӏ лъезегӏан, хвел тӏаса бищарал гӏолилазулги. Хадижатица рокьул ахӏулелъул, гьеб асаралъул асирлъуда ругезул ракӏазулъ биги гьелегьуна, рокьуца ругъун лъуразда цебе цӏидасан рещтӏуна хӏайранаб сипатги, гьелъ талихӏ сайгъат гьабуразул ракӏазулъ цоги нухалда гьулчула гӏищкъул карачелги, цо-цояз цӏидасанги хӏалбихьула цоги нухалда гьелде данде лъедезе. Хӏасратай кочӏохъаналъ жиндирго цӏар хъвала нилъер щивасул къисматалда. Ва нилъ цӏидасанги тӏадруссуна Хадижат Жамалудиновалъул сариназул гъасде. Гьенирги нилъ дандчӏвала нилъерго къисматгун. Цоязе гьеб гьимула, цогиязе угьдула, лъабабилезе белъула, ункъабилел рихьун, гӏодула. Миллат бичаразда ццинги гьелъул, гьелъул тӏадегӏанлъи цӏунарал тӏадегӏанлъиялдеги рачуна гьелъул сариназ. Гьеле гьединаб буго хӏасратай кочӏохъаналъул пагьму- гьунаралъул балъгояб къуват. Гьелъул «Рокьул хӏанчӏил» куркьбаздаги рекӏун, чанги гӏолилас сапар бухьун батила жиндирго рокьул хӏикматаб улкаялде. Гьенире, Хадижатил кочӏол кьолонирги рекӏун, сапар бухьуна ботӏрода саву ккарал херазги. Гьел цо лахӏзаталъ сихӏкъотӏун гӏенеккун чӏола жидерго ракӏазул кӏутӏиялъухъ. Рекӏел тӏиндасан, гьелъул гъварилъудасан угьдилаго-гӏодулаго, яги талихӏалъул цӏадлъун щенолаго, тӏадбуссуна рокьи. Рокьуца гуккаралги, гьелъ къисматалда талихӏ угьаралги, жеги гьелъ асирлъуде росаралги данделъула Хадижатицаги Хӏамзаласги Залму Батировалъул рагӏабазда ахӏулеб «Мун рокьуда ватанищ?» абураб кочӏол горсверуда.\nМиллияб маданияталъул чӏухӏи\nХадижатил щибаб концерт байбихьула магӏарул халкъиял кучӏдуздаса. Кӏутӏулаго жергъенгун, гьей цее ячӏиндал, гӏажаибаб сихӏкъотӏи лъугьуна залалда. Гьел лахӏзатаз гӏенеккаразда цебе рещтӏунеб батила магӏаруллъиялъул берцинаб сипат-сурат — щибаб росуги, росдал годекӏанги, годекӏабахъ гӏодор чӏарал, «институтал цӏалун лъугӏичӏониги, цӏвабзазул мацӏ лъалел» харабиги, гьезул гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккарал гӏолилалги. Имам Шамилги, Хӏажимурадги, жакъасеб заманалда миллаталъул чӏухӏилъун кколел бахӏарчиял, мугӏрузул тӏогьазда цӏарал хъварал тӏадегӏанал васалги — гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицуна нилъее Хадижатил кечӏалъ. Кочӏохъаналъул щибаб концертги лъугӏула Мухӏамад Хӏамзаевасул «Цӏуне, Аллагь, Дагъистан» абураб кочӏодалъун. Тӏадегӏанасде хитӏабги гьабулаго, гьелъ дагъистаниял ахӏулел руго гӏагараб ракьалъул рацӏцӏалъиги, борхалъиги, тӏадегӏанлъиги цӏунизе, гьеб кинабго, нилъехъе умумуз кьурабго гӏадин, нилъецаги хадусел наслабазухъе цӏунизе кьезе.\nХадижатил кучӏдузулъ Расулил асаразул кунчӏи\nИсана кӏудияв шагӏир гьавуралдаса 95 сон тӏубаялъул юбилеялда цебе, бокьун буго Хадижатил кучӏдузе гьесул асараз кьураб цӏаялъул хӏакъалъулъги цо-кӏиго рагӏи абизе.\nРекӏее хӏикматаб асар гьабула «Патӏиматил камиллъи, как балей йигеб мехалъ» абураб кечӏалъ. Амма гьеб рохел циндаго хисула шагӏирас гӏумруялъулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб лахӏзаталъ. Гӏенеккаразул черхалда сири балеб хӏасратаб гьаракьалъ халкъияй кочӏохъаналъ «Дида тӏасалъугьа, тӏерхьун унеб бакъ», — илан ахӏулелъул, цеве вачӏуна херлъарав шагӏир. Гьес Аллагьасдаги гӏагараб миллаталдаги гьарулеб буго илбис гьоркьобе лъугьун хъварал цо-цо асараздаса тӏасалъугьайилан. Хадижатил кучӏдузулъ даим чӏаго вукӏине вуго машгьурав шагӏир. Гьесул рукӏана хас гьарун Хадижатие хъварал кучӏдулги. Гьев живгоги хутӏана гьелъул кучӏдузул асирлъун. Расул Хӏамзатовасул рагӏабазда Хадижат Жамалудиновалъ ахӏулел кучӏдуз хасаб бечелъи кьун буго магӏарул адабияталъеги маданияталъеги. Расулил рагӏабазда гьелъ кечӏ ахӏулелъул, цогидал миллатазул гӏадамазги магӏу бацӏцӏуна. Рагӏаби ричӏчӏичӏониги, гьезда шагӏирасул рекӏел хӏалалъул бицуна кочӏохъаналъ. Гьелъулъ гурищ бугеб кочӏол къуватги- инсанасул рекӏеда кӏутӏун бажари.\nАхӏулеб буго\nХадижат Жамалудиновалъ\nГьале дида цере Дагъистаналъул халкъияй кочӏохъан, магӏарул кочӏол дунялалде жиндирго хаслъигун ячӏарай Хадижат Жамалудиновалъул церегосел концертазул кассетаби ва дискал. Дида цее йиго халатаб гъалалъул гӏолилай. Гьале магӏаруллъи. Тӏогьол цӏураб расалъиялда, тӏолабго магӏаруллъи машгъуллъулеб хӏалалда гьаракьги биччан, гьанжего гьанже кочӏол дунялалде галаби тӏамулей магӏарулалда лъалеб букӏун батиларо магӏарул жакъасеб кечӏ-бакъаналъул къираллъун жий яхъине йикӏин. Умумузул аби гьечӏищха цо пагьму бугесул пагьму-гьунар сундулъго букӏунилан. Гьединай йиго нилъер Хадижатги. Магӏарул театралъул сценаялдасанги бихьизабуна гьелъ жиндирго гьунар. Киноялда ролалги хӏана гьелъ. Масала, Расул Хӏамзатовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб «Исповедь» киноялда гьелъ хӏана шагӏирасул эбел Хъандулалъул роль. Гьабсагӏаталда Москваялъул кинокомпаниялъ бахъулеб бугеб «Ахӏулгохӏ» киноялда гьелъ хӏалеб буго Гӏуммаханасул яцалъул роль. Хадижатица лъугӏизабуна Москваялда ГИТИСАлъул режиссерасул факультетги.\nТӏоцебесеб лъай-хъвай\nНекӏогоялдаса бокьун букӏана кочӏохъаналъулгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рекӏелъе лъугьунеб цӏар лъезего лъалареб хӏинкъиялъ квалквал гьабулеб букӏана — киндай дун, гӏадатияй гӏадан, халкъияй кочӏохъаналъ къабул гьайилейилан абураб пикруялъ рахӏат толеб букӏинчӏо. Дун мекъи кколей ятана. Гьей ятана цӏакъго гӏадатияй. Каламги гӏадатияб букӏана гьелъул. Хадижатил пикругицин батичӏо жий лъидаса йигониги тӏокӏай йигин абураб.\n— Дун йиго халкъалъул кочӏохъан, ва дица хъулухъуги гьабулеб буго гӏагараб миллаталъе, — йилан абулеб магӏнаги букӏана гьелъул гара-чӏвариялъул. Халкъияй кочӏохъаналъулго букӏараб дандчӏваялдаса хадуб, дихъе цӏидасанги тӏадюссана Хадижат. Ва дида цӏидасанги рагӏулеб буго «Ахӏулеб буго Хадижат Жамалудиновалъ», — илан абулеб лъазаби.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1990-aral-ul-tsiekh-rekh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1990-aral-ul-tsiekh-rekh", "title": "Аралъул цӏех-рех", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Мацӏ лъаларел нугӏзал\nЧӏалда росулъ даргиязул хабалазул хӏакъикъат\nГьанжеялдаса гӏемерал соназ цебе, дун гӏолохъанчи вугеб мехалда, Чӏалда росдал годекӏаниб рагӏун букӏана хабалазул гъоркьияб бакъбаккул рахъалдехун ругин Микӏкӏихӏариб росулъа гӏадамал рукъарал хобалилан бицунеб. Доб мехалъ лъикӏго халгьабуни, гьел хабалалъ эхетарал заназул бащдалдасаги цӏикӏкӏарал ратӏарахъизеги лъалаан, узданго, цокӏалго, цо кьерда, цо къоялъ рукъарал гӏадамазул къаданир чӏварал гӏадин рихьулел рукӏиналъ. Гьанже нусиялда кӏикъоялда анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сонал рарал ганчӏил къанал додинго хисичӏого хутӏун гьечӏониги; гьел цогидазда релълъинчӏел рукӏин лъалеб хӏалалда руго.\nЖидерго цересел умумуздаса нижер росдал харабазда гьоркьоб микӏкӏихӏдерил хобал ругин бицен хутӏун букӏин гурони, лъицаниги, ургъел гьабун, гьикъулеб букӏинчӏо кин гьел магӏарухъе рачӏаралали, щай гьезул хобал гьоцӏдерил жамагӏаталъул гьитӏинабго Чӏалда росулъ ругелали. Щиб лъалеб, совет хӏукуматалъул заманалда гьикъизе хӏинкъулел рукӏун ратизеги бегьула.\nАмма дир рекӏелъа кинго унеб букӏинчӏо гьеб суал. Гьединлъидал дица гьикъана нижер росдал школалъул мугӏалим ва гӏагараб ракьа-лъул тарих лъазабиялъул хӏаракатчи Гӏабдурахӏманов Мусада гьел хобазул хӏакъалъулъ. Гьес бицана жинцаги гьединабго суал кьун букӏанин араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназ-\nда нусго сон барай кӏодо Гӏабидатие. Гьелъги бицун букӏанила гьел хобал микӏкӏихӏдерил рукӏин хӏакъаб бугин, амма гьел нилъер гьанир рукӏиналъе гӏилла щибали жиндаги лъаларин.\nДоб заманалда гӏемерал цогидазги кьолароан Кавказалъулаб рагъул хӏакъалъулъ суалал. Гьелдаса хадур чӏахӏиял хиса-басиял ккана дунялалда, гьездаго рекъон дагъистаниязул гӏакълу-пикруялъулъги. 1877 соналда къокъаб шаригӏаталъул заманалда гурхӏел гьечӏого рухӏана дандечӏеялъулъ аслияллъун рукӏарал Сугъралъ ва цогидалги росаби. Рукӏана Дунялалъулал рагъал, ккана Россиялда инкъилаб, чанго соналъ Россиялдаги Дагъистаналдаги халатбахъана граждан рагь.\nГьанже рачӏинин «микӏкӏихӏдерил хабалазул» бициналде. Гьелъул\nхӏакъалъулъ дица бицун букӏана Махӏачхъалаялдаса дир мадугьал Микӏкӏихӏариса Руслан Асланбеговасда. Гьесги гьебго росулъа машгьурав гӏалимчи Айгумов Айгумида бицун, гьел Чӏалде рачӏана, хабалазде щвана, харабазухъ гӏенеккана.\nМикӏкӏихӏдерил харабазул биценазда рекъон, Кавказалъулаб рагъул, ни-лъер кӏалдиб ругьунаб къагӏидаялъ абуни, Шамилил заманалда жидерго ракь гӏурусазул аскараздаса цӏунун гъазаваталда рагьулел рукӏарал магӏарулазе кумекалъе Микӏкӏихӏариб жамагӏаталъул росабалъа ун вукӏун вуго 150-200 гӏолохъанчи. Шурагьисахун Гьоцӏалъе рачӏунаго нухда батулеб Чӏалда росулъ кутакаб рагъ ккун буго гӏурус аскаразул рагъухъабаздаги гьоцӏдеридаги гьоркьоб. Гьениб бахӏарчияб гӏахьаллъи гьабун буго микӏкӏихӏдерил багьадурзабазги. Гьеб ращалъи гьечӏеб ра-гъулъ гӏемерисел гъазизаби шагьидлъун руго. Гьездаго цадахъ шагьидлъарал микӏкӏихӏги рукъун руго Чӏалда росдада аскӏор хабалалъ. Пачаясул чиновникзабазул ва гьезул рачӏчӏаллъун лъугьарал чукъбузул хадурчӏеялдаса хӏинкъун, гьедин шагьидлъаразул гӏагарал чагӏаз бицунеб букӏун гьечӏо Чӏалда росулъ рукъун ругел бахӏарзазул хӏакъалъулъ.\n(Багӏарал партизаназул квердасан 1921 соналда Гӏахьвахъ района-лъул Местӏерухъ росулъ гӏумруялдаса ватӏалъарав дир имгӏал вукъараб бакӏ батараб мехалъ, 90-ялдаса цӏикӏкӏун сон барай гьесул ясалъ, совет хӏукумат биххун хадусеб заманалдагицин абуна дида гьелъул хӏакъалъулъ бицун лъикӏ гурилан).\nАнцӏила микьабилеб гӏасруялда, Кавказалъулаб рагъул заманалда, Россиялъулгун ракълида ругел жамагӏатазе гӏарац биччалаан имамзабазул бетӏерлъиялда халкъиябгун эркенлъиялъе гӏоло къеркьеялъулъ гӏахьаллъи гьабулел гӏадамал ралагьиялъе харж гьабизе.\nИмам Хӏамзатбег чӏван хадуб, хӏакъикъаталдаги, пачаясул аскараз Авариялде рагъулаб сапар гьабуна. Гьаниб Чӏалда росулъ тӏубараб анкьалъ халатбахъана магӏарул халкъалъул гъазизабазул бодулаздаги пачаясул аскаразул рагъухъабаздагун гьезул рахъккураздаги гьоркьоб рагъ. Гьоцӏалъе нух къан рагъулел рукӏарал киналго, цо рагъухъан хутӏичӏого, шагьидлъана. Амма пачаясул аскариял Чӏалдасан Гьоцӏалъе рорчӏичӏо, Гӏортӏаколосан Авар Гъойсу гӏоралда тӏасан кьоялги гьарун, гьениса ине ккана церехун. Гьелдаса хадуб къисасалъе гӏурус аскаралъ бухӏана Кӏудияб ва Гьитӏинаб Гьоцӏалъ росаби ва киналго ахал, гӏемерал гӏадамалги чӏвана гьенир.\nЦогидаб пикруялда рекъон, 1839 соналъул августалда Ахӏулгохӏда гъазаваталда ругел бахӏарзазе кумекалъе унел рукӏарал Микӏкӏихӏариса муридзаби, Чӏалда росулъ гъоркьчӏалида тӏаде ккун, киналго, цо чи хутӏичӏого, шагьидлъун руго ва чӏелдерил хабалалъ рукъун руго.\nКинаб битӏарабали Тӏадегӏанав Аллагьасда лъикӏ лъала, амма микӏкӏихӏ гьел хабалазул бакъбаккул рахъалдехун рукъун рукӏин хӏакъаб буго. Гьединлъидал бокьилаан халкъалъул рекӏелъ гьезул бахӏарчилъи абадияблъун хутӏиялъул мурадалда, ракӏалдещвеялъулаб гӏаламатлъун Чӏалда росдал хабалалъ борхатаб зани — памятник эхетизе.\n«Имам Шамилил бетӏерлъиялда гъоркь Дагъистаналда ва Чачаналда халкъиябгун эркенлъиялъе гӏоло къеркьей» (Документазул можмуг!).\nАвтор: Хӏажиев Владлен Хӏадисович, 2005 сон.\nДокумент № 230\nЮгалъулаб Дагъистаналда аскаразул командующий генерал-майор М. З. Аргутинский-Долгорукиясул рахъалдасан майор Олениние гьесде божилъи гьабураб Даргиязул Округалъе бетӏерлъи гьабиялъул рахъалъ Бихьизаби 1844 с. 4 ноябрь.\nГӏахъуша, Цӏадахӏариб, Усиша, Мохӏоб; Микӏкӏихӏариб гӏадинал гӏисинал жамагӏатал гьоркьоре унеб Даргъо жамгӏияталъе кьолеб буго Даргиязул Округ абураб цӏар.\nГьелъие бетӏерлъи гьабизе тӏамулев вуго Мун. Дур тӏадегӏанлъи тӏаса унгеяв, гьединлъидал лъазабулеб буго Мун нахъбахъичӏого ине кколин Гӏахъушиве, гьениб букӏине бугин дур чӏей ва гьениса бетӏерлъи гьабизе кколин округалъе…\nДуе гьенир загьирлъани жидер хьвада-чӏвадиялдалъун, фанатикиял, бокьухъе гурони чӏеларин лъугьиналъул ва тушманлъиялъул къагӏидабаздалъун ва ишаздалъун округалда гӏодобиччай букӏиналъе квекӏен гьабулел чагӏи, Дуца хӏаракат бахъе гьез жаниб гӏумру гьабулеб росдал гӏадамаз жидецаго гьел, жамгӏияталъул рахӏат-хӏалхьи хвезабулел гӏадамал ругин абун, Духъе кверде кьеялъе, цинги Дуца гьел дихъе ритӏе…\n(гьум. 324).\nРГИА. Ф. 1268. Оп. 1. Д.669.Л. 19-25. Копия.\nГӏусман Сурхаев,\nХьаргаби район, Чӏалда росу"}
{"slug": "1991-pikrabazul-karachel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1991-pikrabazul-karachel", "title": "Пикрабазул карачел", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Пенсиязул реформа: дагӏба-рагӏи, бахӏсал ва пикраби\nПенсиялъул реформа гьабизе бугин бицаралдаса нахъе лъугӏулел гьечӏо бахӏсал. Абулеб буго, 63 сон бараб мехалда ихтияр кьезе бугин руччабазе пенсиялде ине ва бихьиназе – 65 сон бараб мехалда. Гьедин гьабиялъе гӏиллалъун рехсолеб буго кватӏичӏого хӏалтӏулелги пенсиялде аралги россиялъулазул къадар бащалъизехъин букӏин. Гьебмехалда пенсионеразе щибаб моцӏалъ кьолеб пенсиялъул роцен дагьлъизабизе кколеб бугин абулеб буго реформатораз. Щайгурелъул бюджеталде бачӏунеб гӏарцул къадар дагьлъулеб бугелъул.\nПенсиялде ине ихтияр кьолеб заман цӏикӏкӏинаби лъикӏаб ишлъун рикӏкӏуна цо-цояз. Гьезул пикруялда рекъон, 55 сонил ригьалъул руччабазулги 60 сон барал бихьиназулги буго лъикӏаб хӏалтӏул хӏалбихьиги хӏалтӏизе гъираги. Амма буго гӏаксаб пикруги: херлъанагӏан гӏемерлъулел руго батӏи-батӏиял гӏузрабиги ва щивасул рес букӏунаро гӏолохъанаб заманалдаго гӏадин хӏалтӏизеян абулеб буго гьез.\nЛъайкьеялъул идарабазда хӏалтӏулел руго гӏемерисел руччаби. Пенсиялде инегӏан хӏалтӏизе бокьилищан гьикъана нижеца батӏи-батӏиял школазул учительницабазда. Гьез загьир гьарурал пикраби кьолел руго гьанир.\nИрайсат Гӏабдурахӏманова, биолог, 60 сон: «Дун пенсиялде ана 55 сон бараб мехалда. Амма школалдаса нахъе ине ракӏалдецин ккечӏо. Щиб гьабилеб рокъоб? Гӏумруялъго хӏалтӏулей йикӏарай дихъа бажариларо хӏалхьиялда чӏун. Дие рокьула дирго цӏалдохъабиги, цадахъ хӏалтӏулел педагогалги, дирго хӏалтӏиги. Гьединлъидал, пенсиялде аниги, хӏалтӏулей йиго дун. Пенсиялде тӏаде бачӏунеб харжалъги цо бакӏ ккола. Моцӏрое бачӏунеб харж гӏелаан дие, амма гӏумру гьабизе расги бигьалъилароан – школалда дарсазул къадар цӏикӏкӏинабеян гьаризе ккелаан. Гьанже пенсиялъул ригьалда бан къабул гьабизе бугеб цӏияб законалда улкаялъул президентас гъолбасани, 55 сонил ригьалде рахинчӏел учительзабазда ракӏгурхӏизе бачӏуна. Щивасухъа гурелъулха бажарулеб 63 сон базегӏан школалда хӏалтӏун».\nКӏиго соналъги хӏалтӏила\nТатам Хӏусенова, филолог, 58 сон: «Дида ракӏалда буго 60 сон барабго пенсиялде ине. Щайгурелъул захӏмалъулеб буго хӏалтӏизе. Аслияб къагӏидаялда захӏмалъула цӏиял жал лъазаризе. Масала, исана нижер школалъул киналго учительзаби ритӏана тьюторазул курсазде. Анкьида жаниб кӏицӏул унаан лекциязухъ гӏенеккизе ва рокъор тӏуразарулаан гьез кьурал тӏадкъаял. Гӏадалнах гьалулеб бугин кколаан – захӏматал ва ракӏалда чӏезаризе бажаруларел терминалги цогидал жалги гӏемер руго. Гьединал курсал жеги гӏемер рукӏине ратила. Ригь араб мехалда сахлъиги лъикӏаб букӏунеб гьечӏо. Жеги 60 сон бачӏей дица щибаб къоялъ гьекъезе ккола дараби. 63 сон базегӏан кинаб сахлъиги хӏалги хутӏилебали лъаларо».\nХӏукуматалда лъала\nПатӏимат Гӏисаева, ингилис мацӏалъул учительница, 62 сон: «55 сон барай чӏужугӏадан ккола жеги жаналда йигей гӏадан. Щай гьединай учительница рокъой чӏезайизе кколей? Дица бана 62 сон, амма пенсионеркаян абизе бокьиларо. Хӏалхьиялде инеги жеги заман бугин рикӏкӏуна. Хӏукуматалда лъала, кин харж гьабизе кколеб гӏарацали. Жакъа пенсиязе гӏарац батичӏони, кьогеха нижее гьеб. Рес ккезегӏан хӏехьела. Нилъеда тӏадаб буго гьеб хӏукмуялда разилъун чӏезе».\nКъанцӏцӏун къватӏире рехи\nАлла Дмитриевна, тарихалъул учитель, 60 сон: «Дун рази йиго хӏлтӏизе, буго бажариги. Пенсияги бугелъул, дагьал гурони дарсал росичӏо дица. Нилъер улкаялда мукъсанал харжал кьолел рукӏинчӏелани, пенсиялъул реформа разиго къабул гьабилаан гӏемерисез. Бищунго ццим бахъуна реформаялъе хъатчӏвалел депутатал рихьидал. Дир яц хӏалтӏулей йиго Россиялъул цо шагьаралда, фабрикаялда. Гье-лъул буго 47 сон. Тӏубараб къоялъ эхетун чӏезе ккола гьей. Гьабсагӏатго бохдул унтун йикӏуней гьей кин хӏалтӏизе йигей 63 сон базегӏан? Гьебцин гуродай цӏияб реформаялъул аслияб мурад – басрияб чӏорто кинигин къанги цӏцӏун, хӏалтӏудаса чи нахъе витӏи?»\nСвакан йиго\nХӏурия Насухӏова, математик, 58 сон: «Кӏудияб ригьалъул гӏадан йигин дунилан абизе бачӏунаро. Амма жакъа бугелдаса пенсия лъабцӏул цӏикӏкӏараб букӏарабани, школалдаса нахъе инаан. Свакан йиго. 36 соналъ хӏалтӏана. Кидаго хӏалтӏулаан ракӏбацӏцӏадго, лъималазде рокьигун. Цебе гӏадин гьанже рази-ракиго унаро дун школалде, отпускалъул заманалда цӏалдохъабазде ракӏ баларо, кигӏан халатабин кканиги, отпуск дие хӏухьбахъизе гӏоларо. Цебе гӏадинаб жигарги гьечӏо. Абизе бегьила, учительлъун йикӏарай дун гьанже роботлъун лъугьун йигин. Лъие хӏажат вугев гьединав вечӏарав, свакан тату хварав учитель? Кинаб пайда букӏинеб гьесдаса цӏалдохъабазе? Дир гьалмагъзабазул гӏемерисел хӏалтӏулел руго гӏицӏго щолеб харжалъе гӏоло».\nУчительзабазухъ гӏенеккидал, бичӏчӏулеб буго гьез батӏи-батӏиял рахъазул хӏисаб гьабулеб букӏин. 50-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ школалда хӏалтӏарал педагогазул, гьайгьай, буго лъикӏаб хӏалбихьи. Амма гьезие гӏолеб гьечӏо цӏияб заманалъул къагӏидабазда рекъон хӏалтӏизе бажари. Гьеб буго цо рахъ. Гьединал гӏиллаби жеги ратизе бегьула. Гьединлъидал лъикӏаб букӏина, пенсиялде иналъул масъала жинцаго учителас тӏубазе, ай пуланаб ригьалде вахараб мехалда, пенсияги босун рокъовищ чӏелев яги хӏалтӏудейищ хьвадилев абураб суалалъе жаваб кьезе.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "1992-l-ani-zaral-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1992-l-ani-zaral-gechio", "title": "Лъани, зарал гьечӏо", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул тарихалда июль моцӏ\nКонституциялъулаб собраниялъ Дагъистаналъул цӏияб Конституция къабул гьабуна гьаб моцӏалъ\n1614 соналъул 21 июлалда гӏурусазул пача Михаил Федоровичас лъарагӏазул гиназ Герее кьуна гӏурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота.\n1631 соналъул 29 июлалда Хайдакъалъул уцмий Рустам-ханас гӏурусазул пача Михаил Федоровичасде гӏурусазул къайимлъиялде восеян хитӏаб гьабуна.\n1720 соналъул 26 июлалда гӏурус пачаяс гиназ Чопан-шамхалие гӏурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота кьуна.\n1722 соналъул 18 июлалда Петра I — сесул флот генерал-адмирал Апраксинил бетӏерлъиялда Астраханалдаса Каспий ралъдалъе ана.\n1722 соналъул 27 июлалда Петра I\n— сесул бетӏерлъиялда гӏурус аскарал Дагъистаналъул Аграхан заливалда рещтӏана.\n1722 соналъул 28 июлалда Эндиреялъул Айдемир вахъана Петра I — сесде данде. Гьениб гӏурус аскараз Эндирей-аул щущахъ биххизабуна.\n1725 соналъул 27 июлалда Россиялдаги Турциялдаги гьоркьоб къотӏи хъвана ва гьелда рекъон Астрабад, Мазандеран, Гилян, Баку, Салян и Дербент рачӏана Россиялде гъорлъе, Ширваналъул, Армениялъул, Гуржиязул хутӏарал ракьал Турциялда хадур хутӏана.\n1733 соналъул июлалда Крымалъул аскарал Фети-Гирейил бетӏерлъиялда Дагъистаналде тӏаде кӏанцӏана.\n1742 соналъул июлалда аваразул ханасги Дербенталъул гӏадамазги, Хайдакъазул уцмиясги, Цӏоралъул жамагӏатазги Терекалда чӏарал гӏурусазде хитӏаб гьабуна жал Россия-лъул къайимлъиялде росеян.\n1785 соналъул 15 июлалда шайих Мансурица Гъизляралда кверщел гьабуна.\n1801 соналъул 12 июлалда Гъаракайтагъалъул жамагӏаталъ Александр I\n– сесда гьарана уцмийлъун Разибек тӏамеян.\n1801 соналъул июлалда Табасарана-лъул Сограт-бекица Александр I – сесда гьарана жал Россиялъул къайимлъиялде росеян.\n1801 соналъул 21 июлалда генерал-майор Глазенапомица Дербенталда кверщел гьабуна. Дербенталъул ханлъи Россиялде гъорлъе бачана.\n1806 соналъул июлалда Ших-Гӏали-ханасде данде Дербенталъул гӏадамаз восстание гьабуна.\n1820 соналъул 13 июлалда генерал Мадатовас Хосрех кверде босана.\n1823 соналъул 29 июлалда генерал Граббел аскаралъ Эрпели ва Гъоркьияб Хъаранай росаби риххизаруна.\n1832 соналъул 14-30 июлалда Хӏамзат-бегица Цӏоралде рагъулаб гьужум гьабуна.\n1837 соналъул 3 июлалда Тӏелекь росулъ Шамил имамасдаги генерал Ф. Фезедаги гьоркьоб ракълил къотӏи-къай ккана.\n1837 соналъул июлалда Зиури росдаде гьужум гьабуна ва генерал Фезеца Шамил имамасулгун хабар гьабуна.\n1841 соналъул июлалда Ахъай-талаялъул гӏадамал Чӏикӏаре гочинаруна.\n1843 соналъул июлалда Гӏахьалчӏиб рагъул щулияб си бана.\n1844 соналъул 3 июлалда генерал Лидеросил аскаралъ Гӏахъуша кверде босана.\n1845 соналъул 30 июлалда Чир-Юрт щулалъи бана.\n1847 соналъул июлалда хирург Н. И. Пироговас гӏахьаллъи гьабуна Салтӏа щулалъи кверде босулеб рагъулъ.\n1847 соналъул 21 июлалда Хважалмахьиб рагъулаб щулалъи бана.\n1848 соналъул 6 июлалда Дагъистаналъул гиназ Аргъутинский-Долгоруковасул бетӏерлъиялда гъоркь Хьаргаби кверде босана.\n1851 соналъул 1-3 июлалда Хӏажи-Мурадица Табасараналде ва Буйнакскалде сапар бухьана.\n1853 соналъул 13-15 июлалда Дидоязул жамагӏаталде тӏадеги кӏанцӏун, полковник Меликовасул аскараз Хутрахъ росу щущахъ биххизабуна.\n1854 соналъул 3 июлалда Шамил имамас сапар бухьана Кахетиялде ва Цӏинандалибе.\n1859 соналъул 23 июлалда Гӏашилтӏа росу биххизабуна.\n1859 соналъул 25 июлалда Дидо кверде босана.\n1859 соналъул 29 июлалда Бакълъул мухъ (Гумбет) кверде босана.\n1859 соналъул июлалда Зехида ва Хитохо росаби риххизаруна.\n1877 соналъул 1 июлалда Дербенталъул уездалъулаб училище лъабго классалъул шагьаралъулаб училищеялде сверизабуна.\n1878 соналъул 5 июлалда къабул гьабуна Россиялде гъорлъе араб Дагъистан областалъул герб. Гьебго заманалда къабул гьабуна Темир-Хан-Шураялъул гербги.\n1883 соналъул июлалда генерал-лейтенант гиназ Чавчавадзе Дагъистан областалъул рагъулав губернаторлъун тӏамуна.\n1910 соналъул 1 июлалда гьавуна Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи Илмутдин Насрудинов.\n1916 соналъул 12 июлалда гьавуна Совет Союзалъул Бахӏарчи, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Гӏабдулхӏаким Исмагӏилов.\n1916 соналъул 12 июлалда гьавуна 1970-1979 соназда Гъизляр районалъул бетӏерлъун вукӏарав, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Степан Паламарчук.\n1916 соналъул 16 июлалда Хасавюрт округалъул Аксай росдал рекьарухъабазул дандечӏей байбихьана.\n1919 соналъул 14 июлалда рагъулабгун шаригӏаталъул судалъ У. Буйнакский, А.-В. Хӏажимухӏамаев, Гӏ. Ис-\nмагӏилов, С. Гӏабдулхӏалимов, М. Гӏалиев чӏвазе хӏукму къотӏана.\n1926 соналъул 1 июлалда гьавуна Россиялъул ва Дагъистаналъул халкъияв артист, Цӏ. Хӏамзатил цӏаралда бугеб премиялъул лауреат Махӏмуд Гӏабдул-халикъов.\n1927 соналъул 4 июлалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадару-хъан, поэт ва прозаик Муса Мухӏамадов.\n1932 соналъул 7 июлалда гьавуна Дагъистаналъул жамгӏияв ва политикияв хӏаракатчи Суракъат Асиятилов.\n1936 соналъул июлалда Дагъистаналъул кучӏдузул ва кьурдабазул ансамблялъ гӏахьаллъи гьабуна Москваялда тӏоцебесеб Тӏолгосоюзалъул хоразул олимпиадаялда.\n1939 соналъул июлалда Дагъис-\nтаналда рагӏалде щвана росдал магӏишаталъул коллективизация гьаби.\n1941 соналъул июлалда хӏалтӏизе байбихьана Ахтиялъул 25 км. халалъуда бугеб магистралияб канал.\n1942 соналъул 22 июлалда ДАССРа-лъул Совнаркомалъ ва ВКП(б) обкома-\nлъул бюроялъ къабул гьабуна «ДАССРалда оборонаялъул бакӏал раялъе гьарулел тадбирал» абулеб хӏукму.\n1955 соналъул 16 июлалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв кочӏохъан Мухӏамадтӏамир Синдикъов.\n1959 соналъул 5 июлалда гьавуна, Республикаялъул «Дагъистан» басмаханаялъул рукъалъул Директор, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул сопредседатель Гӏумаргӏусман Хӏажиев.\n1960 соналъул 14 июлалда гьавуна ДРялъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватӏисел ишазул министрлъун вукӏарав Загьир Арухов.\n1962 соналъул 18 июлалда гьавуна Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетӏер Мухӏамад Гӏисаев.\n1980 соналъул 12 июлалда гьавуна Россиялъул Бахӏарчи Аскер Аскеров.\n1994 соналъул 26 июлалда конституциялъулаб собраниялъ къабул гьабуна Дагъистаналъул цӏияб Конституция.\n1994 соналъул июлалда Дагъистаналда гӏуцӏцӏана исполнительнияб власта-лъул коллективияб идара – ДРялъул Пачалихъияб Совет.\n2000 соналъул 19 июлалда республикаялъул Пачалихъияб Советалъ къабул гьабуна «Гӏорхъода ругел районазда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезаби ва экстремизмалде дандечӏей гьабиялъе тадбирал» абураб хӏукму.\n2003 соналъул 10 июлалда конституциялъулаб собраниялъ къабул гьабуна Дагъистаналъул цӏияб Конституция.\n2007 соналъул 2 июлалда республикаялъул президентасул указалда ре-къон, республикаялда гӏуцӏана гӏурус мацӏалъул совет.\n2007 соналъул 6 июлалда ДРя-лъул президентасул указалда рекъон, хӏукуматалда цебе гӏуцӏана диниял ишазул рахъалъ комитет.\n2011 соналъул 27-28 июлалда Дагъистаналда тӏобитӏана тӏоцебесеб экономикияб форум."}
{"slug": "1993-ulkayal-ul-bechel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1993-ulkayal-ul-bechel-i", "title": "Улкаялъул бечелъи", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мина базе бакӏгӏаги кьолебани…\nГьонодаса Нурудиновазул хъизамалда буго 10 лъимер\nГъветӏ кьалбаз ккола. Амма гьеб берцинлъизеги, кӏудияб гӏезеги, гьелда тӏад пихъ базеги ккани, хӏажалъула гьелда хадуб гьабулеб хъулухъ. Гъуниб районалъул Гьонода росулъ гӏумру гьабун бугеб Нурудиновазул хъизамалъул «гъветӏин» абуни буго цӏакъго берцинаб ва тӏад гӏемераб пихъ бараб. Гьезул хъизамалда буго цоцазул адаб-хӏурмат гьабулеб, мадугьаллъиялъе кумекалъе хӏадураб, малъаралъе гӏедераб, исламалъул нух ккураб ва росдаего пайда бугеб 10 лъимер. Жеги 50 сонил ригьалде вахинчӏев Камилица абула щибаб лъимадехун жиндир хасаб рокьи бугин ва тӏадеги жубала жив жеги херлъун гьечӏиланги. Гьезул хъизамалда кинабго лъикӏ бугин абуни, мекъи букӏинаро. Гӏадада гурелъулха абулеб лъимал гӏемерал эбел-инсудаса талихӏал чагӏи ракьалда ратиларин. Амма цо гӏунгутӏиги буго: пачалихъалъул рахъалдаса хъизамалъе щолеб кинабгӏаги кумек гьечӏо. Камилица абула жив Аллагьас лъикӏ хьихьун вугин ва гьелъухъ Халикъасе щибаб какда хадуб шукруги гьабулин. Гьеб битӏарабги буго. Гьелдаго цадахъ нилъее хӏалалаб, законалда рекъон щвезе кколеб ризкъи тӏалаб гьаби исламалдаги какараб гьечӏелъулха…\n«Дир буго 48 сон. Чӏужу ячана 27 сон бараб мехалда. Гьеб заманалда жаниб Аллагьас нижее кьуна 11 лъимер, анлъго васги щуго ясги. Цо вас къадаралде щвана. Бищун кӏудияй яс ригьнаде кьуна. Бищун гьитӏиналъин абуни бана щуго моцӏ. Хӏалтӏулев вуго школалда хъаравуллъун. Хъизан Патӏиматги хӏалтӏулей йиго ясли-ахалда богогьанлъун», — ан бицана Камилица.\n«Бетӏербахъи гьабизе гӏураб харж щолищ, пачалихъалъул рахъалдаса кумекго бугищ?» — ан цӏехедал, Камилица абуна:\n— Нижер магӏишат нужедаго бихьулеб буго, тӏасаборчӏараб гьечӏо, амма гьардезе вахъине ккараб хӏалалдаги гьечӏо. Диеги лъадуеги щолеб харж буго цӏакъго мукъсанаб. Гьединлъидал гьаризе ккола цогидал хӏалтӏабиги. Пачалихъалъул рахъалдаса цо нухалъ нижер хъизамалъе кьуна 300 азарго гъуруш. Тӏокӏаб кумек бихьичӏо. Лъималазеги пособие тун батӏияб жо бачӏунаро.\n— Нужеца жаниб гӏумру гьабулеб мина бихьула къваридаб. Гьаб гӏолищ кӏудияб хъизам жаниб хӏебтӏизе?\n— Гьаб мина ккола дир эбел-инсул, ай дунго бетӏергьанаб бакӏ гьечӏо. Мина базе бакӏ тӏалаб гьабун, чанго нухалъ щвана районалъул социалияб ра-\nхъалъ гӏадамал цӏуниялъул управлениялде, администрациялде ва гьединго бакӏалъулаб администрациялде. Амма кумек гьабулев чи гьечӏо. Гьонода росулъ, хӏажалъи ккарасецин, кьезе ракьул бутӏа хутӏун гьечӏин абуна бегавуласги.\nКамилил эбел Патӏиматги рахӏатхун йигоан васасул кӏудияб хъизан пачалихъалъ кӏвар гьабичӏого тун букӏиналъ. «Улкаялда гӏадамазул къадар цӏикӏкӏине, ай демографияб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабизе кколин ахӏи балел рагӏула хӏакимзаби телевизоралдасан. Гьединал хъизамазе кумек щайха гьабулареб? Гӏицӏго эбел-инсуде рехун течӏого, щай пачалихъалъ дагьабгӏаги кверчӏвай гьабизе бегьулареб? Ялъуни Дагъистан батӏияб улкайищ кколеб? Лъимал кӏодолъулел руго, ригьин-цӏа гьабизе гӏолел руго. Саламатаб, цебетӏураблъун рикӏкӏунеб пачали-хъалъ гьезие мина-рукъалдалъунгӏаги кумек гьабизе ккеларищ?» — ан абуна Патӏиматица.\nГьонода росдал гьоркьохъеб школалъул завуч Заира Мухӏамадовалъги лъикӏаб къимат кьуна Нурудиновазул хъизамалъе. «Школалъул гӏумруялъулъ хасаб бакӏ ккола Камилилги Патӏиматилги лъималаз. Щибаб тадбиралда гӏахьаллъула, кумекалъе хӏалае чӏола, цӏализеги хашал гьечӏо. Палхӏасил, щаклъи гьечӏо гьезул гӏумру талихӏаб букӏиналда. Гьаб захӏматаб, лъабго лъимерцин хьихьизе бажарулареб заманалда 10 лъимер гьабураб Нурудиновазул хъизамалъе баркалаги шапакъатги кьезе ккола пачалихъалъ», — ан абуна З. Мухӏамадовалъ.\nХӏакъикъаталдаги Дагъистаналда ва хӏатта тӏолабго улкаялдацин гӏемер гьечӏо гьединал хъизамал. Амма квеш ккараб жо буго гьел, кумек-кверчӏвайги гьабичӏого, рехун тун рукӏин. Гьайгьай, ракъун-къечон гьел хутӏиларо, амма росдалги районалъулги администрацияз жанир чӏезе бакӏалъегӏаги санагӏалъи гьабизе бегьилаан.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "1994-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1994-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Бесдаллъарал кулаби\nУмумузда цебе бугеб налъиги бичӏчӏун, заман щвечӏищ нилъерго тарихалде зиярат гьабизе?\nНилъер тарих, магӏишатиябгун рухӏияб кьучӏ-аслу тӏагӏин бащалъула нилъго тӏагӏиналда. Гьелъул хӏасилалда бесдаллъула ракь, мукъсанлъула пик-раби, жагъаллъула мустахӏикъаб букӏинеселъе лъолеб кьучӏ. Хӏалтӏи бокьулел, хӏалтӏизе лъалел, ракь хӏалтӏизабулел гӏадамал нилъер гьанир рукӏаго чара гьечӏого хӏажат буго кӏванагӏан хехго Европаялъул мисалалда гӏуцӏизе ва гӏумруялде бахъинабизе росаби ва кулаби цӏигьариялъул, лъикӏал нухал рахъиялъул пачали-\nхъияб программа. Лъикӏаздаса лъикӏал хурухъабигун гӏи-боцӏухъабазе, хвезе течӏого росабигун кулабазе чӏаголъи кьолел гӏадатиял хӏалтӏухъабазе, Кремлялдеги ахӏун, кьезе ккола Россия цӏигьабиялъулъ ва цӏуниялъулъ лъолеб бутӏаялъухъ пачалихъиял премиял.\nТарихияб памятник\nБаркала буго Мухӏамадов Гъазимухӏамадие, Ахӏмадов Рашидие, Мухӏамадов Шапивулае, Ахӏмадов Тӏагьирие, Каримов Каримие, Абакаров Мухӏамадие ва гӏемерал цогидалги гьакварисезе, Гьаквари росулъ «Бесдаллъарал кулабазе» памятник бая-\nлъул пикру къабул гьабуралъухъ ва гьеб баралъухъ. Дица бетӏер къулула гьезда цебе. Гьеб ккола Дагъистаналъул мугӏрузул росабазул ва кулабазул цебесеб гӏумруялъеги, жакъа-себ къоялъе-ги, гьезул букӏинеселъеги социалияб, философияб, экономикияб ва тарихияб къимат кьолеб, гьеб киналдаго тӏад ургъизе тӏамулеб памятник. Гьеб буго гӏумру цебетӏеялда цадахъго нилъеда кӏочон, нилъеца кӏвар кьечӏого толеб бугеб нилъер тӏабигӏияб магӏишаталъе, рукӏа-рахъиналъе бугеб гӏадатияб памятник. Мугӏруз жидехъего цӏала, ахӏула Гӏумру, Эркенлъи ва Борхалъи бокьулел. Амма ахираб заманалда дие рахӏат толеб гьечӏо гьадинал пикрабаз. Нилъ ккечӏониги, нилъер наслуйищ ккезе бугеб магӏарухъ гӏумру гьабулеб ахирисеб гӏеллъун? Нилъ кӏвахӏаллъулел руго мугӏрузде рахъине, нилъеда кӏочонеб буго магӏарухъ хур бекьизе, хьон хьазе, бачӏин гӏезабизе ва бакӏаризе. Нилъ рикӏкӏалъулел руго тӏабигӏаталдаса, тӏабигӏияб квандаса, нилъ ругьунлъулел руго химиялдалъун хьезарураб кванде. Ганчӏаздаса нилъ руссана бетоналде, цӏуладаса — пластикаялде, чӏагояб, ракӏбащадаб хабар-кӏалалдаса чӏорогоял, чӏаголъи гьечӏел SMS-лъазабиязде. Бичӏчӏулеб бугищ нилъеда нилъеца нахъе тарабги, толеб бугебги, нилъ унеб ругебги бакӏ? Ургъулел ругищ нилъ гӏатӏидаб Россиялъул росабазулги рорхатал мугӏрузда ругел кулабазулги къисматалда тӏад? Щай щолел гьечӏел росабалъеги кулабаздеги кумекалъулал программабиги, гьебго мурадалда биччалеб гӏарацги? Чӏунтизе тун росабигун, рехун тун кулабигун кире нуж унел ругел, Россия ва Дагъистан? Кьибил гьечӏеб гъветӏ букӏунаро, кьучӏ гьечӏеб мина букӏунаро. Росаби гьечӏого тӏолабго Россияги, кулал гьечӏого Дагъистанги тей буго кӏудияб мунагь тӏаде боси ва стратегияб такъсир. Гъуруш, доллар ва шагьарал — гьебищ нилъер жакъасеб ва метерисеб бечелъи? Гуро. Гьедин букӏинаби ккола мугӏрузда ва гьениб гӏумру гьабун ругел гӏадамазда кьаби щвезаби. Ялъуни дир гьал пикраби гӏададиселлъунищ, кьучӏ гьечӏеллъунищ кколел? Букӏана заман Тӏасияб ва Гъоркьияб Гьаквариб сверухъ тӏадбан гӏумру унеб 100-гӏанасеб кули букӏарабги. Дир лъимерлъи ана Асатхва колода. Мадугьалихъ бугеб Чунч колода гӏуна машгьурав физиклъун вахъарав ва Жорес Алферовасулгун гьудуллъи ккарав Хандула Мухӏамадов. Гьениса рахъана гӏемерал бахӏарзал ва багьадурзаби. Гьел кулабахъ ункъо соналде рахарал лъималаз хьихьулаан гӏи-цӏцӏани ва бачал. Щуго лъагӏел бараз куцалаан барти-чу, лъедолаан гьалагал лъаразухъ, хьвадулаан кьурабазул парсазда тӏасан рачарал квараздасан. Гамачӏ рехулаан, чӏорбутӏ речӏчӏулаан, рагъулаан тӏоцебесеб къатӏра бидул тӏинкӏизегӏан, амма киданиги гӏодулароан ва гӏарз бахъун эбел-инсухъе унароан.\nГьезда гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъалаан гӏарзал рахъи, захӏмалъи хӏехьезе кӏунгутӏи, магӏу тӏей бихьинчиясул хасият гуреблъи. Нижер киназулго гуро гӏадатиябцин ретӏел-хьит букӏараб, рокъор-къватӏир рукӏинчӏо рехсезе гӏурал бигьалъиялъулал шартӏал, гӏорцӏизегӏан кваназе ресги кидаго гуро букӏараб. Амма нижехъ букӏана «спартанцазулаб» къвакӏиги къуркьи гьечӏеб вацлъи-гьудуллъиги, кьураб рагӏи кквейги. Гьеб макьу гуро, гьеб буго хӏакъикъат ва кигӏан абизе бокьичӏониги беразда цебе, дир кьерилазул гӏумруялда цадахъ гьеб унебги буго. Кулал тӏагӏиналда цадахъго тӏагӏунеб буго нилъер къадру-къиматалъул хӏубиги.\nЛъица хвезабулеб бугеб Дагъистаналъул къадру?\nБегьулароан чорок гьаризе Ритӏухълъи, Намус ва Кьалбал. Рацӏцӏадаллъун хутӏизе кколаан нилъер квералги, ракӏги, хьулалги. Амма нилъеда кӏвечӏо гьедин чӏезе. Лъица сах гьабилеб лъукъ-лъукъараб Дагъистан? Нилъеда ратулел гьечӏо гьединал гӏадамал. Жиндирго тӏалабазул ургъелазда, нич тӏагӏун цӏогьодулеб бугеб нухмалъиялъ хвезабуна Дагъистаналъул къадру. Гьедин букӏиналъ гурищ Дагъистаналъул жавабчилъи дагъистаниязда божилъи гьабичӏого тарабги. Гьечӏо божилъи, разилъизе ккола хӏакъалда. Щиб лъугьараб нилъее, нилъер гьайбатаб Дагъистаналъе? Тӏокӏал рихьуларищ нилъеда цӏиял имам Шамилалги, Къоркъмасовалги, Данияловалги? Хӏинкъи лъаларел муридазул наслу жиндирго пикру гьечӏел чиновниказдейищ сверараб? Кида ва щай нилъ ккарал цӏукӏабилъун, кир нилъ ругьунлъарал нахъасан речӏчӏун гӏайибго гьечӏев чӏвазе? Щиб нилъехъ хутӏун бугеб умумузул ирсалдаса? Заман щун гьечӏищ лъалхъизе, ургъизе, хӏисаб гьабизе? Каспиялъул меседил салиги тун, щиб гьабизе нилъее Турциялъул ганчӏил цӏурал пляжал? Щиб гьабизе нилъее Мисриялъул пирамидаби, Дагъистаналъул мугӏрул гьездаса борхаталги тӏадегӏаналги ругеб мехалда? Умумузда цебе бугеб налъиги бичӏчӏун, заман щвечӏищ нилъерго тарихалде зиярат гьабизе? Цӏумада районалде щварав цӏар рагӏарав тохтур-ортопед Ариэль Аренбергица гьадин абуна: «Гьадинал захӏматал шартӏазда гӏумру гьабун рукӏиналъухъ, киналгӏаги налогалги росичӏого, пачалихъалъ гьал гӏадамазе кьезе ккола гӏарац», — абун.\nВатӏанилан ахӏула хӏинчӏалъги\nГьаквариб эхетараб памятник ккола дунялалда тӏадго тӏоцебесеб. Гьелъ нилъ ахӏулел руго цӏодорлъиялдеги жавабчилъиялдеги, гурони, 50-100 соналдасан хадусеб гӏелалъ жеги пашманаб, «Бесдаллъарал росаби» абураб памятник базе ккезе буго. Нилъеда бичӏчӏичӏони нилъерго къисмат ва цӏуничӏони миллиял мацӏалги, гӏадат-гӏамалги, тарихги, тӏабигӏатги, гьелде рачӏине рукӏиналда щаклъизе бакӏги гьечӏо. Жакъа нилъер мугӏрузда, мугӏрузул росабалъ буго нечезе ккараб мискинлъи ва киса-кибего буго хӏалтӏи гьечӏолъиялъул масъала. Гӏемерал росабалъе жакъа къоялъги гьечӏо машинадул нухал. Россиялъ бащдаб дунял хьезабун буго газалдалъун. Гьелдаго цадахъ кӏочон руго Дагъистаналъул мугӏрузда ругел росаби, хӏатта гьенибе газ бачиналъе риччарал миллиардазул бицана гӏемераб. Киб бугеб газ, кир ругел миллиардал? Дида кинго бичӏчӏизе кӏоларо Дагъистана-\nлъул мугӏрузда ругел рагъулал частазде Россиялъул рикӏкӏадасел регионаздаса гьанги, рахьдал нигӏматалги, пихъ-овощалги раччиялъул магӏна. Гьебги кколарищ нилъер къадру цӏакъго гӏодобе гьабиялъул хӏужа? Нилъеца нилъерго къадру гӏодобегӏан гьаби кколарищ, тӏабигӏиял шартӏаздалъун бечедаб Дагъистан, Москваялдаса бачӏунеб гӏарцухъ балагьун букӏин? Дир хӏисабалда, ккола. Цӏакъго квеш ккараб жо буго Россиялъул ва Дагъистаналъул нухмалъулезе мугӏруздаса гӏемерго цӏикӏкӏун гӏодоблъиялда ругел «хинал» кабинетал рокьулел рукӏин. Дун божула росабиги кулабиги цӏилъиялда, «асфальталъулаб» гӏумруги чӏалгӏун, магӏарулал мугӏрузде руссине рукӏиналда. Гӏемераб заман буго гӏумру гьабун рикӏкӏадаб шагьаралда дун вугелдаса. Амма дир рекӏелъ кидаго буго Дагъистан. Ватӏаналде щола санайил, гьеб буго дир налъи, дир зиярат. Дица щивго чиги ахӏуларо хӏурият гьабизе ккеялде, рагъ-ракьалде, бокьун гьечӏо тӏадруссине дол балагьал, киса-кирего тушманзаби ралагьулел сонал. Дица ахӏулел руго дагъистаниял камилал, роцӏцӏарал пикрабазде ва Дагъистан цебетӏеялъе квербакъулеб хӏалтӏуде.\nМухӏамад Гӏабдулхабиров"}
{"slug": "1995-l-ajkej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1995-l-ajkej", "title": "Лъайкьей", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Халкъазда гьоркьосел проекталги гӏумруялде рахъинарулаго\nДагъистаналъул промышленниябгун экономикияб ва техникияб колледжазул гӏумруялдаса\nЮридикиял дисциплинабазул преподаватель Мадина Юсуповалъул нухмалъиялда гъоркь гӏумруялде бахъинабулеб буго «Ракълиде данде гали тӏамизин» абураб проект. Гьелъул аслияб мурад ккола Россиялъул ва къватӏисел улкабазул профессионалияб гьоркьохъеб лъайкьеялъул идарабазулгун бухьен щула гьаби, цоцазе хӏалтӏул хӏалбихьиялъул хӏакъалъулъ бицин, студентазул гьудуллъи щула гьаби, цадахъ рекъон, цӏиял проектал гӏумруялде рахъинари. Гьединазул цояблъун ккола тӏадехун рехсараб проектги. Гьелъ кумек гьабизе буго студентал ракълиде ва гьудуллъи-вацлъиялде ахӏизеги. Проекталда рекъон, Дагъистаналъул техникияб колледжалъул студентал щвана Бакуялде.\nСтудентал ва преподавателал дандчӏвана Азербайжаналъул техникияб университеталъул студенталгун ва преподавателалгун. Ва гъолбасана цадахъ рекъон хӏалтӏизе гьабураб хӏукмуялда гъоркь. Гьединго Дагъистаналдаса гьалбал щвана Бресталъул техникияб университеталдеги. Гьединабго къотӏи-къай гьабуна Бресталъул пачалихъияб техникияб университеталда цебе бугеб техникияб колледжалъулгунги.\nДагъистанияз бицана Дагъистаналъулги, гье-лъул гӏадатазулги, маданияталъулги, адабияталъулги, тарихалъулги хӏакъалъулъ. Студентаз цӏалана Дагъистаналъул шагӏирзабазул кучӏдул гӏурус ва миллиял мацӏазда. Бресталъулазе рихьизаруна Дагъистаналъул халкъазул миллиял кьурдабиги. Гьединго студентал ва преподавателал щвана Бресталъул хъалаялдеги. Гьениб ракӏалдещвезаруна гӏагараб ватӏаналъул тарихалъул тӏанчал. Дандчӏваялда бицана цадахъ рекъон гьаризе ругел ишазул хӏакъалъулъ. Масала, тӏоритӏизе руго гӏелмиял конференциял, семинарал, культуриял тадбирал ва цогидабги.\nГьебго мурадгун щвана Грозныялъул политехникияб техникумалдеги.\nГьединалго къотӏи-къаял гьаруна Москва областалъул Дмитровский институталъулгунги.\nГъоркьиса Дагъистаналъул кӏиябго колледжалъ гӏахьаллъи гьабуна халкъазда гьоркьосеб «Инсанасул, жамгӏияталъул, тӏабигӏаталъул жакъасел тӏалабал» абураб темаялда тӏобитӏараб гӏелмияб конференциялда. Гьенир церерахъарал студентаз ва преподавателаз гьарурал кӏалъаял росана «Жакъасеб жамгӏияталъул аслиял тӏалабал» абураб мажмугӏалде.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "1998-khiazhat-rugo-pikh-tsiunulel-bakial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1998-khiazhat-rugo-pikh-tsiunulel-bakial", "title": "Хӏажат руго пихъ цӏунулел бакӏал", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Геджухалда цӏолбохъабазул данделъи\nГьал къоязда ДРялъул росдал магӏишаталъулги кванил нигӏматазулги министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана Дербент районалъул Геджух росулъе. Гьесда цадахъ рукӏана Дербентги, Гъаякентги, Стӏал-Сулейманги районазул вакилзабиги.\nГьел щвана Геджухалъул цӏолбол ахакье. Дербенталъул чогърол заводалъул директор Мухӏамад Сагӏдулаевас бицана, цӏибил бакӏарулеб заманалда Геджухалъул цӏолбол ахакь хӏалтӏизе рес щолин нус-нус чиясе. Гьезие лъикӏаб мухьги кьолин абуна гьес.\nГӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас тӏадчӏей гьабуна цӏолбохъанлъи цебетӏезабиялъул республикаялъе бугеб кӏваралда ва разилъи загьир гьабуна Дербент районалъул магӏишатазда цӏибил гӏезабулел ракьал гӏемерлъулел рукӏиналдаса.\nАхазухъ халгьабун хадуб «Геджух» ОООялъул агроцехалъул залалда тӏобитӏараб данделъиялда бицана Дагъистаналда цӏолбохъанлъи цебетӏезабиялъул мурадалда гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гье-лъие квербакъулеб шартӏлъун рехсана пачалихъалъ гьабулеб кумекги, ай цӏиял ракьазда гъабу чӏезеги гьелъие хъулухъ гьабизеги гӏарац биччай. Бицана пихъалгун овощал цӏунулел хасал бакӏал разе ккеялъулги."}
{"slug": "1999-rak-lil-va-zakhimatal-ul-bakhiarchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=1999-rak-lil-va-zakhimatal-ul-bakhiarchi", "title": "Ракълил ва захӏматалъул бахӏарчи", "date": "2018-07-10 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Сейфединил «гӏумруялъул университетал»\nНилъер умумузул гӏумру ана, гӏолеб гӏелалъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏулаго\n1931 соналъул 10 июлалда, рекьарухъабазул 14 магӏишатги данде кӏутӏун, Къуруш росулъ Карл Марксил цӏаралда колхоз гӏуцӏараб мехалда, Сейфедин Кулиев тӏамуна гьелъул председательлъун. Гьеб заманалда гьев вукӏана 23 сон барав гӏолохъанчи. Колхозалъул букӏана 872 гӏиялъажоги, 39 чуги, ичӏго гӏакаги. 1932 соналъул ихдал колхозалъ пачалихъалъе бичана 9,6 тонна квасулги, 30 тонна хӏанилги.\nСейфедин Кулиевасул умумул рукӏана гӏи-боцӏухъаби. Къурушалда букӏинчӏо бекьизе санагӏатаб ракь, гьединлъидал букӏунароан хъизан кваназабизе гӏураб чедги. Хасалихъе боцӏуда цадахъ росуцоял гочунаан Ширваналде. Чӏахӏиязда цадахъ батӏи-батӏиял бакӏазда хӏалтӏулаан лъималги. Сейфединги хӏалтӏизе ккана Азербайжаналъул росабалъ. Гьедин, «гӏумруялъул университеталги» лъугӏизарун, тӏадвуссана гьев гӏагараб росулъе ва хӏалтӏана вацазда цадахъ магӏишаталда.\nРосдал колхоз церехъабазул кьерде ккезабун хадуб, гьев витӏана Буйнакскалде – зооветеринариялъул лъагӏалил курсазда цӏализе. Гьелги лъугӏизарун тӏадвуссаравго, Кулиев тӏамуна Догъузпара районалъул зооветеринарияб магӏишаталъул нухмалъулевлъун. Кватӏичӏого гьесда божилъи гьабуна Дагъистаналъул обкомалъ – гьев тӏамуна Азербайжаналдеги Гуржиялдеги гочарулел республикаялъул колхозазул магӏишатазул рахъалъ Дагъсовнаркомалъул вакиллъун.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда Кулиевасул хӏаракаталдалъун бажарана Дагъистаналдасаги Ставрополь краялдасаги миллионгӏанасеб гӏи Азербайжаналде гочинабун.\n1952 соналда цолъизабуна Къуруш росулъ букӏараб лъабго колхоз, ва гьелъул председательлъун нахъеги вищана Сейфедин. Гьесул гӏуцӏарухъанлъиялъул кӏудияб кӏвар букӏана Хасавюрт районалъул ракьалде колхоз гочинабулеб мехалдаги. Къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана 500 хъизамалъе минаби ранги цӏияб бакӏалда хурухъанлъиги, цӏолбохъанлъиги, ахихъанлъиги гӏуцӏиялъе кьучӏ лъунги. Гьединго тӏурана жамагӏаталъул социалиябгун культурияб гӏумруялъе хӏажатал шартӏал гӏуцӏиялъул масъалабиги. Цӏияб росулъ лъагӏалида жаниб бакӏарулеб букӏана цӏолбол 15 азарго тонна. Колхозалъул сурсатазухъ росулъ рана школаги, культураялъул кӏалгӏаги, больницаги, цогидал бакӏалги. Гӏолохъанал колхозчагӏи ритӏулаан цӏализе ва гьел хьезарулаан колхозалъул мулкалдасан. Цӏияб ракьалдеги рахъун магӏишат гӏуцӏаралъухъ ва гьенир ккарал лъикӏал хӏасилазухъ 1960 соналда Сейфедин Кулиев мустахӏикълъана РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.\nСейфедин Кулиев вукӏана Расул Хӏамзатовасул лъикӏав гьудулги. Чанцӏулго щвана машгьурав шагӏир Къурушалдеги. «Европаялдаго бищунго борхатаблъун рикӏкӏунеб Къуруш росулъе бокьараб пачалихъалдаса гьобол вачине нечеларо дун. Дица гьесда бихьизабилаан нилъер халкъазул гьудуллъи-вацлъи, нилъер мугӏрузул берцинлъи ва гьайбатал гӏадамазул кӏвахӏ гьечӏолъигун магӏишат бачине бугеб бажари. Дунялалъул ралъадал къотӏун лъедолел руго «Цӏадаса Хӏамзат» ва «Стӏал-Сулейман» абун цӏар лъурал гуми. Ралъдалъ дандчӏвараб мехалда, гьез цоцазе салам кьола. Гьеле гьеб буго, гьудулзаби, нилъер хӏакъикъат», — ан бицана Расулица 1982 соналда Хасавюрт районалъул Къуруш росулъ тӏобитӏараб «Захӏматалъулги поэзиялъулги байрамалда». Гьел соназда Къурушалда букӏана цӏолбол ахазул 1450 гектар, хасалихъе тӏорщел бекьулеб 800 гектар, овощал рекьулаан 50 гектаралда.\nСейфединил хӏаракат тӏадегӏанаб даражаялда борцана улкаялъ – гьесие кьуна «Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи» абураб цӏар.\nИсана 110 сон тӏубана Сейфедин Кулиев гьавуралдаса. Къуруш росулъ тӏобитӏана кӏудияб тадбирги. Гьениб бицана машгьурав ракьцоясул бахӏарчияб захӏматалъул хӏакъалъулъги, ракӏалдещвезаруна гьес ракьалда тарал лъикӏал лъалкӏалги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "2002-giansayalde-k-ulize-giedegiuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2002-giansayalde-k-ulize-giedegiuge", "title": "Гӏансаялде къулизе гӏедегӏуге", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Херлъиялдасаги квешаб жо – живго херлъун вукӏин лъангутӏи\n«Херлъи-гьойлъи» абураб аби буго магӏарулазул. Цоги, херлъи буго ахӏичӏого вачӏунеб гьобол гӏадаб жойиланги абула. Кин батаниги, рарал соназул гьирил бакӏлъиялъ мугъ къулула, рищалаби унтула, рилълъин хисула. Гьелъие бугеб гӏиллаялъул, цӏуни-къай гьабизе кколеб къагӏидаялъул жакъа нилъее бицунеб буго ДРялъул мустахӏикъав тохтур, республикаялъул ортопедиябгун травматологияб централъул тохтур-травматолог Мирза Удаевас.\nХерлъидал инсанасул рилълъин щай хисулеб?\n50 соналдаса тӏаде индал, гӏемерисезул рилълъин хисула, галаби хадур рехъерхъула, цӏодорго лъола гӏодоб хӏетӏе. Гӏолохъанаб мехалда гӏадинаб букӏунаро къамартӏи ва тӏадагьлъи. Гӏилла, херав чиясул ччорбазулъ, рукьбузулъ ва рищалабазулъ, черх нахъеккеялъул, «басралъиялъул» хӏасилалда гъваридал хиса-басиял кколел рукӏин, херлъулеб бугеб гӏадалнахуда рилълъиналда хадуб тӏубараб куцалда халккун бажарунгутӏи.\nТохтурасухъе гӏедегӏе\nРигь арабгӏан ччорбал «хӏалакълъула» ва тӏадагьлъула, рукьби загӏиплъун, чӏимигӏлъун лъугьуна, гьезулъ рукӏунел кальций дагьлъула, гьелдалъун рукьби хехго рекулеллъун лъугьуна. Рищалабазулъ цӏамал гӏемерлъула. Черхалде хӏалкколеб хӏалтӏи гьабурал, хасго росабалъ гӏумру гьабун ругел чагӏазул гьел гӏунгутӏаби камурав чи къанагӏатги вукӏунаро. Вилълъине захӏмалъулеб бугин, тартадулев вугин, хӏатӏал бакӏлъун ругилан дур яги гӏагарав чиясул гӏарз батани, ахӏи базе ккола. Гьеб букӏине бегьула неврологияб унти, гӏадалнахулъ бугеб вагъа-вачариялъул жаваб кьолеб отделалъул гӏунгутӏи, остеохондрозалъул гӏаламат.\nГӏемераб заманаялъ телевизоралда цере регизе ва креслоялда кӏусизе лъикӏаб букӏунаро. Гьениб хӏухьбахъи лъугьунаро. Мугъзагьодиде хӏал ккола, гьеб битӏун чӏезабулеб ччорбал загӏиплъула.\nВилълъанхъулаго бетӏер сверулеб бугони, чара гьечӏого неврологасухъе ине ккола. Гӏемераб мехалъ вегун яги кӏусун вугев херав чи хӏалалъ эхетула, черх битӏизабизе захӏмалъула, накабазул рищалаби квешго унтула. Хьвада-чӏвадани, гьел гӏунгутӏаби заманалдаса тӏагӏуна. Гьел руго цӏикӏкӏунеб бугеб рищалабазул унтиялъул (артроз) гӏаламатал. Гьеб унти къойидаса къо-йиде цӏикӏкӏуна. Гьединлъидал унтарав тохтурасухъе гӏедегӏизе ккола.\nУнтаби тӏатин\nЦо-цояз гӏарз бахъула рищалаби унтулел ругин, цо-цоял зигардула мугъзал унтиялъ санагӏат хвезабулеб бугин, ай щивав чиясул унтиялъул гӏаламатал батӏи-батӏиял рукӏуна, гьезде кӏвар кьечӏого тезе бегьуларо. Нилъер республикаялда бищунго цӏикӏкӏун буго рохокъотӏиги мачӏчӏуги цолъулеб бакӏалда ругел рищалаби унтаразул къадар. Гӏадамазул яшавалъул ва мугӏрузул захӏматал шартӏазда гӏумру гьабизе кколеб букӏин буго гьелъие бугеб аслияб гӏилла.\nРукьбузул унтаби рукӏине бегьула, черхалде хӏал ккеялдалъун гуребги, цӏамал гъорлъ ругеб лъедасан ккаралги, эбел-инсудаса ирсалъе щваралги.\nМалъ биццалъи\nРигь арав чиясул вилълъин цӏакъ бегӏукълъула, хӏатӏил килщал гьетӏун ругони ва кӏудияб килщида аскӏоб гӏамгӏаро лъугьун бугони. Вилълъанхъиялъе гьединабго масъала ккола хӏатӏазул малъал риццалъи ва гьел ччорбазулъе жанирехун рижи. Килщал гьетӏи умумуздаса ирсалъе щвараб яги кидаго къваридал хьитал ретӏиялдалъун букӏинеги бегьула. Гьел унтаби ругел чагӏаз тохтурасухъе ин нахъе тӏамун тезе бегьуларо. Малъ гьаналъ къалеб бугони, гьеб бакӏалда ругъун лъугьуна, рецӏцӏ ккола ва хӏасилалда операция гьабизе ккола. Цудунго тӏаделъани, физиотерапия гьабун, токалъ багӏаризабун, даруяб хӏарщ тӏад чӏван, унти сахгьабула.\nМалъа-хъваял\nХерав чиясги жиндирго черхалда хадуб кидаго халкквезе ккола, черхалде хӏал кколеб бакӏлъи кодобе босизе бегьуларо. Унтани, больницаялдеги, черх щула гьабизе санаториялдеги ин кватӏизе тезе бегьуларо.\nРакӏги гьуъралги унтун гьечӏони, лъикӏаб буго цӏияб гьаваялда гӏемер хьвадизе ва гӏедегӏичӏого векеризе. Кӏванагӏан кванилъ цӏам дагь хӏалтӏизабизе ккола, гьанал бакӏалда ччугӏа яги гӏанкӏудал гьан кваназеги лъикӏаб буго. Гьекъолел жалаздасаги хъалиян бухӏиялдасаги тӏубанго инкар гьабила.\nНури Нуриев"}
{"slug": "2003-islamiyab-meditsina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2003-islamiyab-meditsina", "title": "Исламияб медицина", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Чамасдакӏ Гӏалимзаби гӏажаиблъизарураб нигӏмат\nГӏалимзабаз чӏезабун буго чамасдакӏалъ инсанасул черх сах-саламатго цӏунун чӏезабулеблъи. Гьез хӏалбихьи гьабуна, чанго соналъ кванилъ лъимгун цадахъ гӏатӏгояб чамасдакӏ хӏалтӏизабулел рукӏарал гӏадамазда тӏад, халгьабуна гьезул бидухъ, кӏващухъ. Гьелъул хӏасилал рихьидал, гӏалимзаби гӏажаиблъун хутӏана. Гьел гӏадамал ратана щибго унти чорхолъ гьечӏел. Гьединго цебегӏанго гьабураб цӏех-рехалъул хӏасилалдасанги баянлъун букӏана чамасдакӏалъул пайда цӏикӏкӏараб букӏин багӏараб ва чӏегӏераб икраялдасаги.\nГьелъул цӏикӏкӏараб пайда букӏи-\nналъе нугӏлъи гьабула гьелда жаниб бугеб къоло лъабго аминакислотаялъги ва анцӏила щуго минералалъги. Гӏалимзабаз чӏезабуна анцӏго чамасдакӏ кванани, гьелъ къойида жаниб чиясе хӏажалъулеб кванил роцен роцӏцӏинабулин.\nЧамасдакӏалъулъ батун буго трип-\nтофан абулеб, ай гӏадалнах хӏалтӏи-забиялъе жиб сабаблъун чӏолеб хасаб «нигӏмат». Гьеб цӏакъго хӏажалъула бетӏер хӏалтӏизабун хӏалтӏи гьабулезе. Гьединго триптофаналда абула «гӏолохъанлъиялъул аминакислота» абунги, ай гьеб клеткаби херлъиялде данде къеркьолеб букӏиналъ. Гьединго чамасдакӏалъулъ бугеб селеналъ цӏунула инсанасул черх рак унти ккеялдаса.\nГӏалимзабазул рагӏабазда рекъон, селен витамин, инсанасул черх цӏунизе бажарулебгӏанасеб къадаралда, буго чамасдакӏалъулъ, гьеб гуребги, гьелъ цӏунула ракӏ унтиялдаса ва щула гьабула имунияб система.\nЦоги, гӏалимзабазда чамасдакӏалъулъ батана окситоцин абураб веществоги. Лъимаде йигей гӏаданалъ, ахирисеб ункъо анкьалъ чамасдакӏ кваналеб бугони, окситоциналъ квербакъулеб буго лъимер гьаби бигьалъизабизе ва чӏужугӏадан хехго рукӏалиде ячӏинайизе. Лъимер гьабун хадуб чӏужугӏаданалъул рахьги гьелъ витаминаздалъун бечед гьабулеб буго.\nГьединго чамасдакӏ лъикӏаб буго ракӏцӏерхӏеялъе, ай гьелда гъорлъ глютаминалъул сок букӏиналъ. Диетологазги абула чамасдакӏ, глюкоза гъорлъ букӏиналъ, цӏакъ пайда цӏикӏкӏараб нигӏмат кколин ва гьелъ свак бахъулин, ракъиги лъазе толарин.\nЧамасдакӏалъул гъветӏ, цогидал гъутӏбуздаса цӏикӏкӏун, рехсон буго Къуръаналдаги, гьединго къого бакӏалда рехсон буго чамасдакӏги.\nНилъер Аварагасги гӏемер хӏалтӏизабулаан чамасдакӏ, гьелдаса пайда босиялде ахӏулаан цогидалги.\nГӏажаиблъи гьечӏищ, бусурбабазда гьеб пихъалъул хӏакъалъулъ Къуръаналда рехсон ва свалат-салам лъеяв Аварагас малъун азаралда ункънусго соналъ цебего лъалеб букӏаниги, гӏалимзабазе гьеб гьанже гурони хӏакълъичӏеблъи.\nМухтарахӏмад Мухӏамадов"}
{"slug": "2004-shigirabazul-dunyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2004-shigirabazul-dunyal", "title": "Шигӏрабазул дунял", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул шагӏирзабиги кочӏолаб хазинаги\nМиллияб музыкалияб маданияталда Залму Батировалъулги Тубхӏат Зургьаловалъулги лъалкӏал\nМагӏарул адабияталда гуребги, маданияталдаги шагӏирзабаз тола жидеего хасаб хасияталъги сабруялъги цӏар хъварал лъалкӏал. Шагӏирзаби хӏисабалда, цӏалдолезе гьел магӏарул руччабазул махщалил бицине дун лъугьинаро. Бокьун буго цо-цо рокьулел кучӏдузде сверарал гьезул асаразул хӏакъалъулъ бицине.\nЩибаб кочӏолги букӏуна жиндирго къисмат. Цояб кӏетӏола инсанасул рекӏеда, цогияб, изнуги цӏехечӏого, щола гьесухъе, къисматалъул бицунаго, цо-цояз гӏодизарула, цогидаз рохизарула. Цоял хӏанчӏилъун роржуна, цо-цоял хъирщадилелго хутӏула.\nХалкъияй шагӏиралъул сариназухъ\nГӏагараб росдал школалда хӏалтӏулеб мехалда, Бергьенлъиялъул къоялде концертал хӏадурулелъул, бищун цебе ракӏалдещолаан Мухӏамадтӏамир Синдикъовас ахӏулеб «Бице, баба, бице гьав солдатасул, гьасда аскӏой йигей гьай эбелалъул» абураб кечӏ. Гьеб кечӏалъ жакъаги кӏудияб асар гьабула дир рекӏее.\nЗалму Батировалъул цӏар бахъидал, цее ячӏуна миллаталъул ургъелаз ракӏ унтарай шагӏир. Ва Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Абакар Гӏумархӏажиевас ахӏула нилъее гьей магӏарулалъул магӏарулазде гьабураб магӏулъун лъугьараб кечӏ.\n— Цолъизе кӏвечӏел нилъ хутӏун ругел куц! — гьединаб буго жакъаги шагӏиралъул рекӏел ахӏи.\nЗалмул асаразулъ щияй чӏужугӏаданалда батула жиндирго къисмат. Къваридаб рокьул кьогӏаб лълъарги гьекъола шагӏиралъ щияй чӏужугӏаданалда цадахъ.\nГьеб балъгояб дунялалде шагӏиргун цадахъ нилъехъе гьоболлъухъе щвана Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Шумайсат Гӏабдулаеваги:\nЩай цӏорозе тарай, цӏорозе тарай,\nЦӏадул горо гӏадай щун йикӏанин дуй?\nЩай ечӏазе тарай, ечӏазе тарай,\nХариде щуб гӏадай щун йикӏанин дуй?\nРекӏелъ цӏар лъезе лъалареб бакӏаб пашманлъи рещтӏуна, Хадижат Жамалудиновалъухъги Ахӏмад Закариявасухъги гӏенеккидал (цебе Хадижатида цадахъ гьеб кечӏ ахӏулаан Хӏамзалав Хӏамзаловас):\nБожулищ мун рокьуда, кьунищ гьелъ дуе талихӏ?\nТараб щиб гьелъ дур рекӏелъ: рекӏкӏищ, цӏайищ, цӏоройищ?\nЦӏунанищ мун рокьуца ццидалаб рагӏудаса?\nГьукъанищ гьелъ дуе нух хиянатаб рахъалде?\nСардица квер бахъизе танищ\nдолъ рекӏел ругъун?\nЧӏалгӏеналъ рухӏ гьекъолел\nкъоял дуе долъ кьунищ?\nДурго гӏайибалдалъун гӏищкъу\nгӏазукье кканищ?\nДуцаго къоги рехун, гьеб къватӏазда щущанищ?\nМун кин йигей, кин йигей,\nДуда рокьи батанищ?\nМун рокьуда божулищ,\nДуе гьелъ талихӏ кьунищ?\nУнго-унгоги, гьаб кочӏолъ бугеб рацӏцӏалъиги, хӏеренлъиги, ритӏухъаб рокьул недегьлъиги.\nРачӏаха данде кквезе гьал рагӏабиги жакъа цо-цо «цӏвабзаз» сценаялдаса рагьун бицунеб гьалагаб рокьул кучӏдулги.\n— Вачӏайила, вачӏайила, вачӏинчӏого ресго гьечӏила, убачазухъги кӏутӏбузухъги урхъун йигила. Цогиялъги заниго бегизабула:\nБаркала , хирияв, хинал сардазухъ…\nБичӏчӏулебго гьечӏо гъоб «баркалаялъул» бетӏергьан щивали. Гьединабищха бугеб мугӏрузул ясазул яхӏ-намусалъул тӏири — аскӏоре къаралгицин чороклъизе бегьулеб гӏадаб.\nГьединал кучӏдузухъ гӏенеккидал, цере рачӏуна бацӏцӏалъиялъ рецӏцӏулел шагӏиралъул саринал. Гьаб макъалаялда Залмул кучӏдуз кочӏолаб маданияталда тарал рацӏцӏадал, роцӏарал лъалкӏазул бицун бахъинаро. Амма шагӏиралъул шигӏраби ракӏалдещола цо-цояз ахӏулел чӏорогоял, жидер букӏинесеб гьечӏел кучӏдул рагӏидал.\nТубхӏат Зургьаловалъул шигӏриял нухазул цо-цо свераби\nАхӏмад Закариевас ахӏулеб мугӏрул гъалбацӏ Хӏажимурадиде гьабураб шагӏиралъул цохӏо гьеб кечӏгицин гӏела, Тубхӏатица миллияб кочӏол дунялалда толеб бугеб лъалкӏалъул бицунелъул:\nХӏажимурад, мугӏрузда мун цӏехолев йиго дун,\nАваристаналъул бацӏ-дудаса чӏухӏула дун!\nХӏажимурад, жахӏдаялъ лъукъарав нижер наиб,\nИмам чиякъго вугин, мун ахӏулев йиго дун….\nГьеб кочӏол кьучӏалда бахъараб клипалъ бицунеб буго шагӏиралъе хирияб магӏарул тариха-\nлъул гьитӏинабго бутӏаялъул хӏакъалъулъ. Клип бахъун букӏана Хӏажимурад гьавуралдаса 200 сон тӏубаялде Мухӏамадмурад Мусаевас. Абизе бегьула шагӏиралъул цӏар миллаталъул тарихалдеги анилан.\nЯги:\nДагъистан, Дагъистан, дур тарихалъул\nТахида рукӏараз тана дуниял.\nАмма кьуричӏого буго Ахӏулгохӏ,\nАралъул нугӏзаллъун- даимал мугӏрул…\nЧуязда гӏадинал рукӏинчӏо чагӏи.\nЧиярав гурони, вукӏинчӏо тушман.\nЧуялги чагӏиги кӏочон течӏони,\nЧӏаго букӏина мун, нижер Дагъистан!\nГьеле гьедин ахӏула нилъее Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Ахӏмад Закариевас.\nДие цӏакъ бокьула Тубхӏатил лъел цӏураб гӏертӏил сипат. Гьеб ккола умумуздасанго нилъехъе бачӏараб нухбитӏиялъул гӏаламатлъун. Цо-цо дицагоги хӏалтӏизабула гьеб гӏертӏил сипат, макъалаби хъвалелъул.\nЧакаргун чед гӏадинаб дир умумузул рокьи,\nРакьагун гьан угьдулеб доб заманалъул гӏишкъу.\nГӏолилас гьекъолелъул, гьоцӏо гӏадаб иццул лъим…\nГьесул квералъ борхидал, хадуб гӏодараб гӏеретӏ…\nГьаб кечӏалда гъоркь магӏарул кьурдиги гьабула Хасавюрталдаса кьурдухъабаз. Кьурдул авторги ккола тӏадехун бицен гьабурав Мухӏамадмурад Мусаев.\nЖиндирго, Тубхӏатил, рагьараб гьумералъул, лъималазул гӏадаб ракӏалъул, яцӏцӏадай шагӏиралъул, нухда бугеб гӏертӏинибеги чанги тӏинкӏун батила сверухъ бугеб мекълъиялъ, тӏекълъиялъ, хиянатлъиялъ лъукъараб, сахлъуларел ругънал лъураб цӏамхӏалаб магӏу…\nКочӏохъабаз ахӏулел кучӏдул гӏемерал руго Тубхӏатилги.\nЩай жакъасеб сценаялдаса рагӏулел гьечӏел ватӏаналъухъги, гӏолиласухъги, гӏолилалъухъги ккараб рокьуца гӏенеккаразда сири базабулел кучӏдул? Щай нилъее асар гьабулеб бугеб «гьодорал» кучӏдуз?!\nЖеги тӏагӏун гьечӏо дир черхалдаса дуца ра-хъарал убачазул расенал… — гьабищха мугӏрузул гӏадаталги, законалги, мугӏарулалъул тӏадегӏанлъиги…\nКигӏан бицаниги, хӏасил кколареб цого темаги, цого жал ахӏулел кочӏохъабиги, гьезие хъат чӏвалел нилъги…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2005-shagiir-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2005-shagiir-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "title": "Шагӏир гьавуралдаса 95 сон тӏубаялде", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Расул Хӏамзатовасул асаразулъ чӏужугӏаданалъул сипат\nМун азаргоясе йокьун ятани, гьезда гьоркьов вуго Хӏамзатил Расул…\nРасул Хӏамзатовасул асаразулъ хасаб, бищунго гвангъараб бакӏ ккола, чӏужугӏадан кӏодо гьаюн, гьелде бугеб хӏикматаб рокьул цӏа рекӏун хъварал кучӏдуз. Гьаб гьитӏинабго макъалаялда бицун хӏалкӏвеларо кӏудияв шагӏирасул гӏишкъудал гьелегьиналъул, амма бокьун буго, гьев гьавураб хаслихълъиялъул къоги тӏаде щолеб бугелъул, цо-цо кучӏдуз диего гьабулеб асаралъул хӏакъалъулъ бицине. Къойил, хӏалтӏуде-нахъе унелъул, дун лъалхъула жиндирго цӏар кьураб тахшагьаралъул къотӏноб шагӏирасе бараб памятникалда цее. Бокьула гьесулгун гара-чӏвари гьабизе. Цо-цо нухалда «чӏагояв» шагӏирасде ургъел бикьулейги ятула…\nЗама-заманалдасан ракӏалде щола Расулил магӏарухъ тӏоцебе бижараб кочӏол къиса. Гьеб рекӏехъе лъалаан дида цадахъ пединституталда цӏалулел батӏиял миллатазул ясаздаги. Ва киназго цадахъги ахӏулаан гьеб кечӏ. Гьанжеги нижерго дандчӏваял нижеца байбихьула гьеле гьеб кочӏодалъун. Ахӏула гьеб дир гьудулзаби — агулай Людацаги табасаранай Гюлмирацаги. Битӏун бицани, гьел рагӏаби Расулил рукӏин нижеда хадуб гурони лъачӏо. Исана, 28 апрелалдаги, кӏалъан ячӏана Люда жинца гьеб кечӏ Мамедхъалаялда магӏарул мацӏалда ахӏанила шагӏирасул юбилеялде сайгъат гьабураб тадбиралда йилан. Гьеб гурищ кӏудияв шагӏирасул шигӏрабазул къуват — гӏадамал цолъизари. Долдаса нахъе ана 34 сон. Жакъаги гьеб кочӏоца гӏагар гьарун хутӏун руго ниж. Мухӏамадтӏамир Синдикъовас гьеб кечӏ ахӏулелъул, цере рачӏуна студентлъиялъул талихӏал сонал.\n— Вукӏун вуго цо мискин, цо цӏцӏеялъул бетӏергьан,\nЦо гъветӏалъул ахихъан, цо ханжар-ярагъ бугев.\nТалихӏ къосарав гьасул цохӏо талихӏ букӏана,-\nЦо ракӏалъе йокьарай яс щвезе бугеб мурад.\nХасел ана, их щвана, их ана, рии щвана.\nТӏегьачӏо васасул гъветӏ, бижичӏо гъветӏалда пихъ…\nГьетӏ-гьетӏараб гъветӏалъул къотӏун пандур гьабуна,\nГьелда дагӏнил бакьалъул бахъун кӏиго чӏва бана.\nГьедин бижун рагӏула тӏоцебе магӏарухъ кечӏ,-\nКаранзул рекӏел тӏанхалъ бищун цебесеб дахӏа…\nКечӏги рокьиги. Рокьиги Чӏужугӏаданги. Чӏужугӏаданги шагӏирги. Шагӏирги гӏишкъуги. Гӏишкъуги шигӏруги. Гьеб киналъего буго гӏаммаб цӏар — чӏужугӏаданалде бугеб рокьи. Гьеб рокьул къисаялъ каранлъ цӏа бакичӏев чиго, гьеб кочӏол асирлъуде ккечӏев инсанго ватиларо ракьалда. Гьеб асаралъ сири базабурав шагӏирасул рекӏел ахӏилъун кколарищ гьал хадусел рагӏабиги:\n— Мун нусго васае йокьун ятани,\nгьезда гьоркьов вуго Хӏамзатил Расул.\nЦинги анцӏгоясе йокьун ятани,\nгьезда гьоркьов вуго Хӏамзатил Расул.\nАхир мун цоясе йокьун ятани,\nцохӏо гьев дун вуго — Хӏамзатил Расул.\nМун цонигиясе йокьун гьечӏони,\nракьулъ вукъун вуго Хӏамзатил Расул.\nРокьи гьечӏони, гьечӏо шагӏирасул гӏумруги гӏумрудул магӏнаги. Гьесул рокьуца еэдарай чӏужугӏадан йиго бищунго берцинайги, къуватайги, недегьайги, хӏеренайги, хӏалкӏолейги… Къокъ гьабун абуни, шагӏирасе ракьалдаго алжан сайгъат гьабурай хӏурулгӏин. Гьал пикрабаздаго цадахъ цебе бачӏунеб буго хӏикматаб берцинлъиялъул сипатги:\nРасулги гьесул Патӏиматги. Ва магӏарул буртина. Буртинадулъги цолъун, дунялалъего жидерго талихӏалъул бицунел хӏикматав шагӏирги гьесул шигӏрабазде гьоцӏо тӏинкӏарай чӏужугӏаданги. Талихӏалъулъ лъедолеб бугеб кӏиго микки. Гьезул гъургъуралъ хӏайран гьабураб сверухълъи. Сундухъ кьелеб шагӏирасда хьолбохъ йигей талихӏай Патӏиматил гьеб гьими. Сунда бащалъилеб гьеб лахӏзаталъ гӏишкъул асирлъуда вугев шагӏирасул рекӏел хӏал?!\nЦӏидасанги Расул кӏалъалев вуго:\nГӏумру цадахъ арай дир гьудулалъул\nГьурмахъ балагьула, лъимахъ киниги.\n«Сордо лъикӏ»,- гьеб рагӏи дидаса хадуб,\nХирияй, лъицаго абуге дуда…\nГьаб хадусеб кочӏолъги бугебщинаб хинлъиги, талихӏги, рокьиги. Гьале доб бацӏцӏадаб гӏишкъул дунялалда рижарал жугьаби. Цохӏо кӏиязего гурони гӏахьалал гьечӏел. Цохӏо кӏиязулго балъголъабазул рукъ:\nБуго дурги дирги цо гьитӏинаб рукъ,\nГьалбал риччалареб, нилъго гурони.\nБуго кӏиязулго кӏул лъолеб цо бакӏ,\nРекӏел талихӏалъул нуцӏа рагьулеб.\nХӏамзатил Расулил кучӏдузулъ аслияб бакӏ ккун буго мугӏрул чӏужугӏаданалъ. Магӏарулай — гьеле гьесул асаразул къиралги, къадруги, талихӏги, тамихӏги, яхӏ-намусги, берцинлъиги.\nМугӏрул чӏужугӏадан, гӏемерал соназ\nГӏодана поэтал, нужехъ ралагьун.\nНужер къварилъиги нужер къисматги\nКъалмикье босана, угьдилаго гьез…\nШагӏир кидаго вукӏана магӏарулалъул къисмата-лъул ургъалида. Гьес гьей лъуна бищунго рорхатал мугӏрузул тӏогьийги, релълъинаюна бищунго берцинаб тӏогьодаги, тӏугьдуз бусен лъолеб гӏидраялдаги, гӏидраялъеги гӏумруялъеги кунчӏи кьолеб хӏикматаб жавгьаралдаги. Гьесул асаразул магӏарулай йиго яцӏцӏадай, мугӏрузул законазе ритӏухъай, мукӏурай, росдадаго нур базабулей бакълъун. Росдал руччабаз кӏигъеж гьабун баччун буго дунялалъул сипаталъ хӏайран гьавулев вуго шагӏир:\nУнел руго руччаби, раччулаго магьалгун…\nУнел руго рогьалилъ, унел руго сардида,\nУнел руго санаца, гъежда дуниялги лъун.\nБакӏаб ургъалил гьирал, унтараб гӏишкъул гьирал,\nУнел руго руччаби, раччулаго магьалгун…\nМагӏарулай тӏадагӏанайлъун хутӏулей хӏакъикъат-лъун Расулица рикӏкӏунеб буго магӏарул намус:\nАмма бищунго цӏакъ магӏарул намус\nМагӏарул ясазда гьеб цӏакъ рекъола…, — ян ахӏулеб буго шагӏирасул ракӏалъ.\nГьале жакъаги шагӏирасул памятникалда цее эхетун йиго. Гьале тӏугьдулги рачӏун руго гьасие. Щаяли лъаларо, шагӏирасухъ ялагьидал, пашманал пикрабазул асирлъуде ккола дун. Унго, гьев камун вугеб куцха гӏагараб миллаталъе. Дир пикраби цӏаларал кинниги, риххизарун гьелгун, кӏалъалев вуго шагӏир:\nАмерикалъ — леди, турказулъ — ханум.\nХирияй синьора, дир магӏарулай,\nДун Цӏада росулъа мистер Хӏамзатов,\nМунгун вуго даим дунял сверулев…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2006-10-son-bana-rossiyalda-ege-chiaragechiebl-un-gaburaldasa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2006-10-son-bana-rossiyalda-ege-chiaragechiebl-un-gaburaldasa", "title": "10 сон бана Россиялда ЕГЭ чӏарагьечӏеблъун гьабуралдаса", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Цояз беццула, цогидаз какула\nГьеб щибжояли лъалеб буго улкаялъул гражданазул 89 проценталда. Гьезул бащдалдаса цӏикӏкӏаразул (55%) лъималаз яги лъималазул лъималаз кьуна цогоял пачалихъиял экзаменал, хутӏаразда (34%) гьелъул хӏакъалъулъ лъала СМИяздасан.\nЖамгӏияб пикру лъазабиялъул тӏолгороссиялъул централъ (ВЦИОМ) тӏобитӏараб цӏех-рехалда ре-къон, гьелда гӏахьаллъаразул 77 проценталъ абулеб буго школалда лъимал куцалел ругин гӏицӏго тестал цӏезаризе. Гьединлъидал цӏалдохъабазул лъайги хашлъулеб бугин рикӏкӏуна гьез. Пачалихъияб экзаменалъ хӏисабалде босуларо цӏалдохъанасул хаслъи – гьединаб пикру загьир гьабуна цӏех-рехалъул гӏахьалчагӏазул 77 проценталъ. Жеги 71 проценталъул пикруялда рекъон, ЕГЭ байбихьаралдаса нахъе цӏалдохъабазул лъаялъул тӏаса-масаго гурони халцин гьабуларо.\n«Регионаздаса пагьмуял гӏолилазе рес щвана къадруял вузазда цӏализе ине», — гьединаб пикру загьир гьабуна цӏех-рехалъул гӏахьалчагӏазул 57 проценталъ. 65 проценталъ абуна ЕГЭялъул тестазулаб бутӏа нахъе босиялъ рес кьунин цӏалдохъабазул хӏакъикъияб лъаялъул халгьабизе. 2016 соналда гьединабго пикруялъул рахъкколаан 49 проценталъ. 52 проценталъ абулеб буго, цӏалдохъанасул лъаялъе къимат кьолаго, субъективияб рахъалдаса эркенлъанилан.\nШколалда лъимал цӏалулел эбел-инсул 42 проценталъул пикруялда рекъон, ЕГЭялде гьел хашго хӏадурулел руго школалъ; лъикӏаб хӏадурлъи гьабулин рикӏкӏана 40 проценталъ.\n***\nВЦИОМалъ россиялъулазда цӏехана, кинал хӏинкъаби ругел гьаб заманалда нужер лъималазеян. Гӏемерисезул жавабазда рекъон, аслияб хӏинкъилъун ккола наркоманияги гьекъолдиги.\n«Лъица цӏунулеб нужер лъимер?» абураб суалалъе жаваб кьолаго, 44 проценталъ рехсана лъимадул эбел-эмен, гӏагарлъи. Ичӏго проценталъул пикруялда ре-къон, лъималазул рахъккола лъайкьеялъул идараялъ ва микьго проценталъ абуна, жидер лъимер цӏунулеб идара бугин пачалихъ ва закон.\n***\nРоссиялъул щивав щуабилев учителасе бокьун буго хӏалтӏи хисизе ва щивав лъабабилев педагогасда лъаларо, кин ва кинал хӏалтӏабазухъ жиндие харж кьолеб бугебали.\nБищун гӏемер хӏалтӏизе кколел руго Кемеровоги, Костромаги, Самараги областазул учительзаби: гьоркьохъеб даражаялда анкьида жаниб 30 дарс кьола гьез. Новосибирскги, Владимирги областазда ва Удмуртиялда учителасул нагрузка бахунеб буго 29 дарсиде. Санкт-Петербургалъулги, Псковги, Томскги, Ульяновскги областазулги учительзабаз анкьида жаниб кьола 28 дарс.\nЦебесеб соналде дандеккун, 10 проценталъ цӏикӏкӏана учителасул хӏалтӏуда цадахъго методистасулги, библиотекарасулги, педагог-психологасулги яги социалияв педагогасулги хӏалтӏи гьабулел учительзаби. Жив гьедин хӏалтӏулин бицана цӏех-рехалда гӏахьаллъарав 10 учителасда гьоркьоса ункъояс.\nОНФалъул централияб штабалъул член, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гӏелмуя-лъулги комитеталъул председателасул заместитель Ольга Духаниналъ абулеб буго учителасул харж цӏикӏкӏинабиялъе гьадинал нухал ратизе бегьулин. Гьезул цояблъун гьелъ рехсолеб буго учителасул цо ставкаялъухъ (гьелда гьоркьобе ине ккола учителас гьабулеб кинабго хӏалтӏи) лъикӏаб оклад чӏезаби. «Щивав учителасда гуро бичӏчӏулеб бугеб, кин чӏезабулеб моцӏрол харжалъул аслияб къадар, сундухъ кьолеб гъирабазабиялъулги компенсациязулги бутӏабаздаса гӏарац. Цебесеб соналде дандеккун, гьединал учительзабазул къадар бахана 36 проценталде. Хӏалтӏухъ мухь кьеялъул хӏакъалъулъ положение бичӏчӏуларо 30 проценталда. Хӏалтӏул администрациялъул тӏадецуялъул хӏасилалда захӏматалъул къотӏиялда гъоркь гъолбасун буго учительзабазул 23 проценталъ. Бищун гӏемер разигьечӏолъи загьир гьабулеб буго гъирабазабиялъул бутӏаялдаса гӏарац кьеялда бан: учительзабаз абулеб буго, гьелъул баллалги гьезузухъ кьолел гъуршалги соналдаса соналде дагьлъулел ругин», — ан бицана Духаниналъ."}
{"slug": "2008-rishvat-kechionigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2008-rishvat-kechionigi", "title": "Ришват кьечӏониги…", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "2018 соналда субсидиял кьуна росабалъ гӏумру гьабулеб 326 хъизамалъе\nДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул нухмалъулевлъун Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов тасдикъ гьавидал, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас гьесда тӏадкъана гранталги субсидиялги кьеялъул программа гӏумруялде бахъинабиялъул хӏалтӏи.\nГранталги субсидиялги кьолел руго «2014-2020 соназда росдал магӏишат цебетӏезабиги, росдал магӏишаталъул къайиги, кванил нигӏматалги, гъарсиги (сырьё) бичулеб базаралда низам гьабиги» абураб ДРялъул пачалихъияб программаялъул «Росабазул чӏара-хьараб цебетӏей» подпрограммаялда рекъон.\nРехсараб подпрограммаялда рекъон, гранталги субсидиялги кьола росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазул рукъзабахъ лъикӏал шартӏал чӏезариялъул мурадалда. Кьола гьел росабалъ хӏалтӏизе арал гӏолохъанал махщелчагӏазул хъизамазеги. Гьединал хъизамазул сияхӏал тасдикъ гьарула министерствоялъ ва гьезул кьучӏалда щибаб хъизамалъе кьола «росулъ мина базе (яги босизе) социалияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ» свидетельство. Свидетельствоялда рекъон, банкалда рагьула счет ва гьенибе рехула кумекалъе биччалеб гӏарацги.\nИсана гьединаб кумекалъе федералиябги республикаялъулабги бюджетаздаса биччан буго 188,5 млн гъуруш. Социалияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ свидетельство кьун буго 326 хъизамалъе, гьезда гьоркьоса 228-яб ккола гӏолохъанаб хъизан ва гӏолохъанал махщелчагӏи. Кумек гьабизе буго Бабаюртги, Тарумовкаги, Казбекги, Шамилги, цогидалги районаздаса гӏадамазе. Батӏи-батӏияб буго щибаб хъизамалъе кьолеб гӏарцул къадарги – 200-300 азаргоялдаса миллион гъуршиде щвезегӏан. Гьелъул роцен чӏезабула хъизамалъ гӏумру гьабулеб бугеб бакӏги хӏисабалде босун.\nДагьалъ цебе свидетельствоялда ре-къон кумек щвана Гъарабудагъкенталдаса Мариям Изамудиновалъеги, Адавият Ахӏмадовалъеги, Къоркъмасхъалаялдаса Атай Шамиловасеги.\nМинистерствоялъул кумек щвезе бокьарав чияс хитӏаб гьабизе ккола бакӏалъулаб администрациялде. Гьелдаса хадуб, хасаб комиссиялъ актги гьабун, чӏезабула пуланаб хъизамалъул мина капиталияб хӏалалда къачӏазе ялъуни гьезие цӏияб мина базе кколин абураб. Гьеб хӏукмуялда рекъон, хъизамалъул цӏар хъвала сияхӏалда ва гьеб районалъул администрациялде битӏула.\nСубсидиялъул гӏарац бачӏуна хасаб счеталде. Гьелдаса гӏарац бахъизе бегьуларо – мина базе хӏажатаб къайи бичулеб тукадулгун гьабураб къотӏиялда рекъон, гьениса босараб къайиялъухъ гӏарац рехула тукенчиясул счеталде.\nБэла БОЯРОВА"}
{"slug": "2009-aralda-tamancha-rechichiani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2009-aralda-tamancha-rechichiani", "title": "Аралда таманча речӏчӏани…", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Умумузул тарих билулеб буго\n2016 соналда Дагъистаналда гӏуцӏана маданияб нахърател цӏуниялъул рахъалъ агентство\nАгентствоялда церечӏарал аслиял масъалабазулги гьабулеб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ бицана «Хӏакъикъаталъул» редакциялда тӏобитӏараб «гургинаб столалда».\n«Миллиябгун маданияб нахърател цӏуниялъул рахъалъ агентство ккола пачалихъияб идара. Гьеб рагьана 2017 соналъул тӏоцебесеб январалда. Гьелда тӏалъула некӏсиял памятникал цӏуниялъе тадбирал гьари. Нижер идараялда хӏалтӏулев вуго 16 чи. Лъагӏалида жаниб нижер хӏаракаталдалъун пачали-хъияб реестралде босана 6354 объект. Анкьнусгоялдаса цӏикӏкӏун памятника-лъул гӏорхъи чӏезабуна, ай бакӏалъул администрациялда бичӏчӏизабун, гьезда аскӏоб, 200 метралъул манзилалда кинабгӏаги бакӏ базе бегьулареблъи», — ян бицана Дагъистаналъул миллиябгун маданияб нахърател цӏуниялъул рахъалъ агентствоялъул отделалъул нухмалъулев Гӏабдулмажид Гӏабашиловас.\nДанделъиялда аслияб кӏварбу-ссинабуна халкъалъул тарихалда лъалкӏ тарал бакӏал цӏунизе ккеялде. Масала, магӏарухъ руго некӏсиял сиял. Гьел басралъун, риххун унел руго. Щибаб росдал сиялъул буго хасаб тарих. Сиязда цадахъ тӏагӏине бегьула росдал тарихалъул бутӏаги. Гьел къачӏаялда бан, гьадинаб баян кьуна федералияб даражаялъул памятникал цӏуниялъул отделалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Набиюлла Аллаевас: «Нижер буго пачалихъияб программа. Амма гьелде биччан букӏараб гӏарац тӏаса къотӏулеб буго.\nМаданияб нахъраталил, цо бакӏ къачӏаялде уна гӏемераб заманги гӏарацги. Гьелдаса чанцӏулго бигьа-лъула цӏияб мина базе. Пуланаб бакӏ къачӏазе кколин абун, хӏадуризе ккола хитӏаб. Гьеб битӏула экспертазухъе ва гьез чӏезабула объект тарихиябгун маданияб кколищали. Букӏине ккола лъабго гьединаб экспертиза. Цо экспертизаялъухъ кьезе ккола гӏага-шагарго 100 азарго гъуруш. Памятниклъун ва кӏварбугеб объектлъун кколеблъи чӏезабун хадуб, гьеб босула федералияб сияхӏалде. Гьелдаса хадуб хӏукму гьабизе ккола гьеб къачӏаялъе гӏарац би-ччаялъул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда нижер аслияб мурад буго тӏабигӏиялги тарихиялги памятникал гӏадамаз хвезарунгутӏи. Масала, гьениса минаялъе гамачӏ бахъун батула, сиялда жаниб хасалоялде хӏадурараб хер цӏунула ва гь.ц. Памятникалда гӏагарлъухъ, 200 метралъул манзилалда, кинабгӏаги бакӏ базе бегьулареблъи бичӏчӏизабизе ниж щвана районазул бутӏрузухъеги».\nМаданиябгун тарихияб памятниклъун рикӏкӏуна: археологияб хӏужа – 100 соналдаса цебеккун букӏараб; тарихиябгун маданияб хӏужа – 45-50 соналъ цебе букӏараб. «Рамазан Гӏабдулатӏипов нухмалъиялда вугеб заманалда, къабул гьабуна «Сиял» абураб проект. Гьелда рекъон къачӏана Анцухъ, Муни, Къахӏиб ва цо чанго росулъ ругел сиял. Гьелги – цоял мухӏканго, цогидал – ресалда рекъон. Ирга щвечӏо Гьоор росдал сиязде – гьел рикӏкӏуна Дагъистана-лъулго чӏухӏилъун.\nАбула туризм цебетӏезабизе кколин. Амма туристазги зарал гьабула памятниказе. Масала, сиязухъе щварал туристаз рехула бухӏунхутӏал – гьездаса цӏа рекӏиналъул хӏужаги ккана. Махӏачхъалаялъул Данияловасул къотӏноб бугеб музеялъул минаялда кьватӏелал ккана – аскӏосан КамАЗал хьвадиялъул хӏасилалда. Гьукъизе ккана гьениса юк баччулел чӏахӏиял машинаби рачине. Гъуниб росулъ гӏуцӏана тарихияб инсталляция. Гьениве вачӏана 2000-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Гӏадамал гӏемерлъиялъги зарал ккезабула некӏсиял минабазе», — ян бицана Гӏабашиловас.\nГьес рехсана гьадинаб мисалги. Гӏахъуша росулъ букӏана Шамил имамасул наибасул мина. Гьеб миллиябгун маданияб ирсалда гьоркьобе унеблъи лъалаан росдал администрациялъул бетӏерасда. Гьеб минаялъул къадалъа ганчӏал рортулел ругин абун, кагъат\nхъвана гьес районалъул идарабазде. Минаялда кверхъвазе бегьуларин лъазабуниги, наибасул мина тӏубанго биххизабун батана. Прокуратураялъ хӏукму гьабун батана, гьеб ишалда гьоркьоб такъсир гьечӏилан абун. Амма нижеца гьеб гӏадлу-низамалде бачӏинабуна."}
{"slug": "2010-chiuntize-tarab-irs", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2010-chiuntize-tarab-irs", "title": "Чӏунтизе тараб ирс", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде\nИчӏабилеб июлалда «Хӏакъикъаталъул» редакциялда тӏобитӏана «Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде» абураб темаялда «гургинаб стол». Гьениб бицана республикаялъул машгьурав политикасулги жамгӏияв хӏаракатчиясулги хӏакъалъулъ рахъулел ругел тӏахьазулги гьесул ирсалъул тӏалаб гьабизе ккеялъулги хӏакъалъулъ. Данделъиялда гӏахьаллъана жамгӏияв хӏаракатчи, Москваялъул Халкъазул гьудуллъиялъул университеталъул профессор, тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировги, ДАССРалъул культураялъул министрлъун хӏалтӏарав тарихчи Гӏабдулатӏип Хӏажиевги, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловги, гьесул заместитель Зикрула Илясовги, Данияловасул гӏагарал чагӏи Мухӏамад Якумовги, Гӏали Данияловги, ГТРКялъул журналист Мухӏамад Ахӏмадовги.\nГӏабдулатӏип Хӏажиевасги Мухӏа-мад Гӏабдулхабировасги хъвана Гӏабду-рахӏман Данияловасул хӏакъалъулъ тӏахьал. Данделъиялда гьез бицана, тӏахьал хъвалаго, жидехъего щварал цӏиял баяназул хӏакъалъулъги. Борхана цӏакъ кӏвар бугеб масъалаги. Мухӏамадица гьадин абуна гьелда бан: «Америкаялъул щивав президентасул буго хасаб музей. Гьенир сокӏкӏун рукӏуна президентасул гӏумруялъулги политикиябгун жамгӏияб хӏаракаталъулги бицунел экспонатал. Данияловас гӏадинаб лъалкӏ тарав Дагъистаналъул нухмалъулев вукӏинчӏин абизеги бегьила. Амма гьабсагӏаталда гьечӏо гьесул музей. Гьеб рагьизе мустахӏикъавги вуго гьев. Гьелъул тӏалаб гьабизе ккела магӏарулаз. Музей гӏуцӏизе бегьула Махӏачхъалаялда бугеб Данияловасул рокъоб. Буго гьелда бан 2003 соналдаго тахшагьаралъул мэриялъ гьабураб хӏукмуги. Амма, батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, музей рагьия-лъул иш цебехун туркӏулеб гьечӏо», — ян.\nДанделъиялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъвазе буго «Хӏакъикъаталъул» хадусеб номералда.\nХӏадур гьабуна Муса Азаевас."}
{"slug": "2013-giolilazul-subkulturabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2013-giolilazul-subkulturabi", "title": "Гӏолилазул субкультураби", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Талихӏалъе гӏорхъи букӏунаро\nГӏадатияб гуреб рукӏа-рахъиналъул гӏадамазул хӏакъалъулъ\nГӏолилазул субкультура (гӏадатиял гӏадамаздаса ратӏлидалъун яги гӏамал-хасияталдалъун ратӏа-рахъиялъул къагӏида) цебетӏун бачӏана гьал ахирал соназда ва жакъаги нилъеда гьоркьор гӏемер руго гьединал. Ракӏалде ккезе бегьула цӏикӏкӏараб къадаралда бусурбабаз гӏумру гьабулеб нилъер республикаялда гьединал чагӏи къанагӏат гурони ратиларин. Амма, бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьани, гьединал гӏемер дандчӏвала. Рехсезин республикаялъул тахшагьаралда дандчӏвалел субкультураби.\n«Байкерал». Гьел ккола мугжулги тарал, ботӏрол расги халатал гӏолохъаби. Мотоцикл, пиво ва рок-музыка гьечӏого жидерго гӏумру цебечӏезабизецин кӏоларо гьезда.\n«Махӏачхъалаялъул» хипстерал. Гьел модаялда ва искусствоялда хадур чӏун рукӏуна, гӏенеккула альтернативияб музыкаялъухъ ва хинди-рокалъулъ. Техника ва социалиял гьинал гьечӏого гьезда гӏумру гьабун бажаруларо. Политикаялъулги гьезие кинабгӏаги кӏвар букӏунаро. Гьеб тайпаялъул гӏолилазе кӏвар бугеб жолъун ккола инсанасул жанисеб дунял гуреб, гьесул ретӏа-къай. Щивав хипстерас рикӏкӏуна живго творческияв чилъун. Узухъда, гьединал, ай тӏасан къачӏарал, ратӏлил гуреб ургъел гьечӏел гӏадамал программисталлъун яги юристаллъун хӏалтӏулел рихьизе ресго гьечӏо.\nФанатазул субкультура. Гьезда гьоркьоре уна футболалъул фанаталги. Гьединал гӏадамал нилъеда гьоркьорги гӏемер ратизе бегьула. Гьезул руго жидерго хасал СМИял — «фанзины» абулел. Гьел ккола фанатазе риччалел хасал журналал.\nГӏемерисезда лъала щал чагӏи эмо, гот ва хиппи къо-къаялъул гӏадамал кколелали. Гьединал къокъаби нилъер республикаялда рати щакаб жо буго. Амма дандчӏвазе бегьула гьанже раккарал цӏиял субкультураби: «ванильки», «тамбер герл» ва «кореялъул карачел».\n«Ванилькабазде» гъорлъе уна гӏолохъанал ясал. Гьел ккола гӏумрудул хӏалбихьи гьечӏел, сундаго божулел, талихӏаб гӏумруялъул анищазда рукӏунел ясал. Цогидал субкультурабазулго гӏадин, гьезулги букӏуна жидеего хасиятаб ретӏа-къай.\n«Тамбер герл» абурал ккола модаялда рекъон къачӏа-кӏатӏалел ясазул цо къокъа. Гьезул гарбазда бухьун букӏуна чӏегӏераб тӏеренаб рачел, канчӏал кьераз белъун букӏуна рас. Аслияб къагӏидаялъ гьел ккола Тамблер абулеб сайталда хъвадарулел ва гьенир жидерго гӏадатиял гурел суратал лъолел гӏолилал.\n«Кореялъул карачел» ккола югалъулаб кореялъул музыкалиял къокъабазул ва артистазул творчество бокьулел фанатал.\nАхираб заманалда нилъеда дандчӏвазе бегьула компьютералъул столалдаса нахъего рахъунарел гӏолилал. Я дунялалъул яги сверухъ лъугьа-бахъунелъул ургъел гьабуларел гьезда абула «хикикомори» абун (живго жиндаго чӏей). Гьединазда абула дунял рихарал чагӏийиланги.\nМадинат Ибрагьимова,\nДГУялъул филологияб факультеталъул\n2 курсалъул студентка"}
{"slug": "2014-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2014-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Ургъел гьечӏолъиялъул хӏасил\nЧӏунтарал росаби цӏигьаризе цӏакъ захӏмалъила\nАраб гӏасруялъул ункъабилел соназдаго улкаялъул газетазда хъвалеб букӏана Россиялъул батӏи-батӏиял регионазда 17 азаргоялдаса цӏикӏкӏун росу чӏунтун бугин. Гьел чӏунтиялъе гӏиллаги – росабиги рехун тун гӏадамал шагьаразде гочин. Доб заманалда Дагъистаналъул магӏарухълъиялда хъинтӏулеб суал гьеб букӏинчӏелъул, гьеб масъалаялде кӏвар кьолел чагӏи республикаялда къанагӏатги рукӏинчӏо. Амма, заман арабгӏан, гьеб унти нилъедеги бахана ва рехун тарал, чӏунтизе тарал росаби Дагъистаналдаги гӏемерлъизе байбихьана.\nОцихъ\nАнцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе «Северный Кавказ» газеталда бахъараб макъалаялда дица хъван букӏана Цӏунтӏа районалъул Оцихъ росдал хӏакъалъулъ. Гьеб буго кутакалда тӏабигӏат берцинаб, рохьаз сверун ккурал мугӏрузда гьоркьоб бакӏалда, ай майданлъиялда бугеб росу. Сверухъ руго цӏорорал иццалги, гьайбатал харибакӏалги. Пайда щиб, тӏабигӏаталъул берцинлъиялдасаги гӏадамаз гӏумру гьабиялъе бигьаял шартӏал ругеб бакӏ тӏасабищулеб гӏадат бугелъул, дагь-дагьккун гӏадамалги гӏатӏиракьалде гочун, янгъизго хутӏана гьеб росуги. Жакъайин абуни росулъе тӏадруссине бокьарал гӏезегӏан руго. Шапихъ росдадаса кӏигогун бащдаб километралъул манзилалъ рикӏкӏад бугеб росулъе шагьранух гьечӏолъиялъулцин гӏадамазе ургъел гьечӏоан, гьенибе бачараб токгӏаги букӏарабани. Гьелъул бицун гӏемер хъвадарана оцихъел, амма добго хурив довго Мусайин абухъе хутӏана гьеб суалги. Къогогӏанасеб цӏаракиги байбихьул школаги букӏараб росулъ жакъа цо чи хутӏун вуго чанго чӏегӏерхӏайванги, нусгоялдаса цӏикӏкӏараб бетӏер гӏи-цӏцӏаназулги хьихьун.\nАзилтӏа\nРалъдал гьумералдаса кӏиазарго метралъул борхалъуда буго Азилтӏа росу. Гьеб росдал жамагӏаталъул кидагосеб гӏарз букӏунаан гьекъолеб лъел къварилъи бугин. Кӏиго-лъабго километралъ рикӏкӏадаса бачараб лъим, хасало цӏоролаан ва гӏадамалги цӏакъ кӏудияб къварилъиялде кколаан. Росдал рагӏалда бугеб гьитӏинабго къулгӏадухъа гӏадамазе гьекъезе цо-цо ведро лъел гурони босизе биччалароан, боцӏуе гьекъезе лъим хӏадурулаан гӏазуги биинабун. Сверухъ берцинаб тӏабигӏатги рекьулел ракьалги рукӏаниги, азилтӏасел хӏажаталлъун ккана цоял Шаурире, цогидал гӏатӏиракьазде гочине. Гьедин чӏунтана кӏикъогогӏан цӏаракиялъ жаниб гӏумру гьабулеб букӏараб саламатаб росу. Жакъа Азилтӏе бахъун буго нух, лъун буго гьениб телевышка, риидал шаурисез хӏораб боцӏиги хьихьула гьезул магъилъ. Амма лъел суал тӏубалебани, азилтӏасезда жакъаго ракӏалда буго умумузул ракьалде тӏадруссине.\nГӏалимзабазул къимат\nЦӏунтӏадерил ракьазде кидагосеб кӏваркьей букӏана гӏалимзабазул. Дагьал церегӏан соназцин Дагъис-\nтаналъул гӏелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул экспедициялъ бихьизабуна Мокъокъ росдада аскӏор ратарал шагӏил тӏагӏелазул цӏех-рех гьабидал, баянлъун буго гьениб гӏадамал ни-лъер эраялде щвелалде ункъазарго соналъ цебе гӏумру гьабун рукӏараблъи. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букӏана «Новое дело» газеталдаги. Лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе, Англиялъул Оксфордалъул университеталъул профессор Роберт Черсинерица бицун букӏана Чалях росдада тӏадехун бугеб «Ясикӏабазул» магӏарда нилъер эраялде щвелалде азарго соналъ цебе цо ингилисасул ювелирияб мастерская букӏун бугилан. Гьенир ратарал мазгарул тӏагӏелал жакъаги руго Тохо-Годил цӏаралда бугеб музеялда. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏелмияб хӏалтӏиги хъван буго гуржиязул профессор Иосиф Мегрелидзеца «Археологические находки Дидо» абураб цӏаралда гъоркь.\nКъого соналъ цебе, анкьго-микьго чиясдаса гӏуцӏараб Дагъистаналъул гӏелмияб централъул «Ботаникияб ахалъул» экспедициялъул хӏалтӏухъабиги щвана Мокъокъире. Чанго къо индал дица гьезда цӏехана щибго пайдаяб жого батанищин. Мокъокъ росдадаса бакъбаккул рахъалда бугеб рохьоб цо кинабалиго хьон батанин, гьелъие гӏоло рачӏаралги рукӏанин жал гьаниреян бицана экспедициялъул нухмалъулев Мусаев Гӏабдулвахӏидица. Гьеб букӏун буго Кузнецовасул рябина абун цӏар лъураб, араб гӏасруялъул байбихьуда гӏицӏго Цӏунтӏа батараб «нигӏмат». Гьелдаса нахъе чанго нухалда бачӏана Цӏунтӏе «Ботаникияб ахалъул» экспедиция, рахана анкьго километралъ рикӏкӏад бугеб, цониги чияс гӏумру гьабулареб, рехун тараб Гъалолъ росулъеги. Пикру букӏана гьениб ахазул база гьабизе, амма… Жакъа гьенибе бахъун буго нух, цо-цо чияс бекьула картошка, бецула хер.\nДол соназ дица даруял хурдузул лъебергогӏанасеб хъап кьун букӏана «Ботаникаялъул ахалъе». Доб Кузнецовасул рябинаги бекьун буго Гъуниб бугеб ахалъул базаялда.\nГьабизе бокьани… букӏуна\nЦебе цӏакъ гӏемерав турист вачӏунаан Цӏунтӏа районалде. Гьебгиха – къватӏисел улкабаздаса. Масала, СШАялъул Калифорниялъул университеталъул профессор Бернард Комри гӏажаиблъун хутӏун вукӏана нилъер гьаб ракь бихьун ва гьес абулеб букӏана нуж туризмалъ кваназаризе ругин. Чанго соналъ цебе «Дагъистаналъул правда» газеталда бахъараб «Дидояз мугӏрул толел руго» абураб дир макъалаялъе, доб заманалда республикаялъул туризмалъул комитеталъул нухмалъулевлъун вукӏарав А. Карибовас жаваб кьун букӏана Цӏунтӏа туризмалъул структураби гьечӏин ва магӏарухъе ганчӏалги кваназе, хъошаздаги регизе туристал рачӏунарин. Гьал къоязда рагӏана Шауриса Хӏажиев Мухӏамадица, лъикӏаб минаги бан, туристал рещтӏиналъе ва гьел доре-гьанире рачиналъе Туризмалъул министерствоялъулгун къотӏи-къай гьабун бугилан.\nТарихалъ нугӏлъи гьабула\nАраб гӏасруялъул ункъоабилел соназда, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул мацӏазул ва литератураялъул институталъул директор, академик Хӏамзатов Хӏажица дун витӏана гуржиязул профессор Иосиф Мегрелидзехъе цересел соназ Цӏунтӏаса бакӏарараб фольклоралъулаб материал босизе ва гьеб Москваялда биччалеб фольклоразулаб сборникалда лъезе. Мегрелидзе ккола 30-40-абилел соназ Цӏунтӏаса гӏемерал маргьабигун харбал ракӏарарав чи. Кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун гьумер дица къачӏан кьуна институталде, гуржиязул профессорасухъаги босун. Мегрелидзеца бицун букӏана, анцӏила ичӏабилеб гӏасруялъул гьоркьохъел соназда дидоязул вукӏун вугин ункъоазарго чи. Гьедигӏан гӏадамал рукӏиналъе нугӏлъи гьабула гьадинаб хӏужаялъги. Гуржиязул хъвадарухъан Григор Абашидзеца жиндирго тӏехьалда хъван рагӏула Кӏахетиялъул хан Тамарал яс Русуданица ахӏи бан бугин кумек гьарун, персиязги турказги жидее рахӏат толеб гьечӏилан. Гьеб ахӏиги къабул гьабун, мадугьалзабазе кумекалъе Цӏунтӏаса ун вуго анлъазарго рекӏарав.\n***\nЖакъа щиб хӏалха бугеб? Гьеб суалалъе жаваб кьела Асахъ росдахъ балагьун: гьениб хутӏун руго гӏицӏго чӏваднал, цониги чияс гӏумруги гьабулеб гьечӏо. Гьеле гьединаб буго жакъа мугӏрузул росабазул къисмат.\nГӏиса Гӏабдулаев"}
{"slug": "2015-khabar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2015-khabar", "title": "Хабар", "date": "2018-07-13 00:00:00", "categories": ["deti"], "text": "Гӏажаибал гъудул\nЦо нухалъ дир гордазда гъоркь гъудузул гӏасияб ахӏи-хӏур бахъана. Къвагъ-къвагъ-къвагъан ахӏдолеб букӏана цо лъебергониги гъеду. Гьел, цадахъ роржун рачӏун, цин гӏодорегӏан роржун, цинги цодагьал эхедегӏан роржун, хъудун, гьез ахӏи-хӏур багъаризабуна къотӏноб. Гӏадамал гӏажаиблъун, гордалги рагьун, гьезухъ ралагьун, жого бичӏчӏуларого рукӏана. Гъудул хъудулаго тӏасан роржунел ругеб гъотӏода гъоркь бегун цо чӏегӏераб гьойги бугоан. Гьойца гъудузул ахӏиялъул ургъелги гьабулеб гьечӏоан, гьеб паракъат къанщун бералгун кьижун бугоан. Цинги цо кӏудияб гӏадаб гъеду гьойдаса цодагьаб рикӏкӏад гӏодоб рещтӏана, цо-кӏиго гъеду кӏудияб гъотӏол бищун гӏодобегӏан бугеб гӏаркьалида рещтӏана, цогидал гъудул тӏасан кӏудияб тӏел гьабун роржунел рукӏана. Цо заманалдасан гӏодоб рещтӏараб гъеду, тӏамулаго жиндирго галабигун, бегун бугеб гьойда аскӏобе ана, гьелъул бетӏералда гозоги кӏутӏун, боржун цо гӏаркьалида чӏана. Кьижараб гьой хӏинкъун тӏаде борхун бачӏана, цинги гъудул цӏидасан къвагъ-къвагъги бачунаго, гьойда тӏасан роржун ана. Хӏинкъараб гьой лъутун ана. Хӏинкъараб гьой лъутун ана, цинги цо гъеду, боржунги бачӏун, гьой бегун букӏараб бакӏалдаса цо дагьалъ добегӏан харилъ букӏараб тӏинчӏги гозоялъ ккун, боржун ана. Гьеб бихьизегӏан гӏадамазда бичӏчӏичӏо я бихьичӏо бусадаса харилъеги бортун, боржинеги лъаларого букӏараб гъадил тӏинчӏ. Эбелаб гъадица тӏинчӏ нахъе бачун индал, нижеда бичӏчӏана, киналго гъудул кумекалъе ракӏарун рукӏараблъи. Аскӏобегӏан бугеб гьойда гьеб тӏинчӏ бихьизе гурилан гьезул букӏараб хӏинкъи, гьез гьабулеб букӏарабщинаб ахӏи-хӏур. Цӏакъ берцин бихьана гъудузул гьудуллъи, гьезул цолъи, цоцазе кумекалъе ба-хъулеб жигар. Гӏадамазгицин босизе бегьила гьединал хӏанчӏаздаса мисал."}
{"slug": "2382-pensiyaldasa-shchiv-makhiruml-ize-begulev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2382-pensiyaldasa-shchiv-makhiruml-ize-begulev", "title": "Пенсиялдаса щив махӏрумлъизе бегьулев?", "date": "2018-08-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ригьалде рахарал цо-цоязе пенсия щвечӏого букӏине рес буго\n2016 ва 2017 соназда пенсиялъул ригьалде рахарал гӏадамазе пенсия кьезе инкар гьабиялъул хӏужаби ккана. Гьединазда абулеб букӏана, пенсия щвезе ккани, жеги щуго соналъ хӏалтӏизе кколин. Гьелъие гӏиллалъун рехсолеб букӏана песния кьеялъе хӏажатал баллазул къадарги стажги гӏолеб гьечӏолъи.\nМасала, Иркутск областалъул Пенсиялъул фондалъул отделениялда 2016 соналда инкар гьабуна 470 чиясе, Саратов областалда – 396 чиясе, Марий Эл республикаялда – 44 чиясе.\nЭкспертаз абулеб буго, пенсиялъул кьечӏого хутӏиялъе гӏилла батулин, моцӏрол харж «конверталда» жаниб лъун кьей. Марий Элалъул Пенсиялъул фондалъул баяназда рекъон, республикаялда вуго бищун дагьаб моцӏрол харжалдасаги мукъсанаб мухь щолев 14 азаргогӏанасев чи.\nРФялъул захӏматалъул министр Максим Топилиница абулеб буго гӏадамазда лъазе кколин жидер пенсиялъул роцен бараб букӏин страховияб стажалдаги моцӏрол харжалдаги.\nСтажги баллалги\nПенсия кьолеб къагӏида хисизабуна 2015 соналда. Гьеб мехалда баккана «пенсиялъул индивидуалияб коэффициент» (ИПК), яги пенсиялъул балл абураб норма. Гьанже пенсиялъул ригьалде рахаразе хӏажалъула пуланаб къадаралда баллалги стажги. Масала, 2018 соналда пенсиялде унев чиясул букӏине ккола ичӏго соналъул стажги 13,8 баллги. 2025 соналде гьел рахине руго 15 соналдеги 30 баллалдеги.\nПенсиялде унаго, тӏаде журазе руго щибаб хӏалтӏул соналъул баллал ва гьел кьабизе руго цо баллалъул багьаялъулъ. Гьеб багьа санайил чӏезабизе буго РФялъул хӏукуматалъ. Гьедин жубанги кьабунги ккараб хӏасилалде тӏадеги жубазе буго пенсиялъул чӏезабураб гӏарацги данде гьабураб бутӏаги (гьелде цебеккунго гӏарац рехулеб букӏун батани).\nЧан балл бугеб жакъа къоялде дур букӏинесеб пенсиялъул нахърателалда? Гьеб суал кьураб мехалда, цӏех-рехалда гӏахьаллъаразул 76 проценталъ абуна, жидеца киданиги халгьабичӏин жиндирго лицевой счеталъулан (ИЛС) абун. Цӏех-рехалда гӏахьаллъана 2000 россиялъулав. Гьезул 61 проценталда лъалеб батичӏо, ИЛСалъул халгьабизе бегьулеблъи, 15 проценталъ абуна, жидер гьелъие заман гӏоларин. Гьебго заманалда, 24 проценталъ мухӏканго халкколеб буго жиндирго ИЛСалда хадуб. 12 процент «пашманлъулел руго ИЛСалъухъ халгьабун хадуб, щайгурелъул хӏалтӏарал соназухъ щварал баллал цӏакъ дагьал руго».\nНагагь баллал гӏечӏони…\nПенсиялъул ригьалде вахарав чиясе баллал гӏечӏони, яги гьесул дагьаб гурони стаж батичӏони, рес буго пенсиялъул страховияб бутӏаялдаса гьев махӏрумлъизе. Гьеб мехалда 65 сон барав бихьинчиясеги 60 сон барай чӏужугӏаданалъеги кьезе буго гӏицӏго херлъиялда бан щолеб пенсия. Захӏматалъулаб стажги херлъиялда бан кьолеб страховияб пенсияги чӏезабула цо нухалда – пенсиялъул ригь чӏезабулаго – ва хадубккун хисуларо.\nМисал:\n2018 соналъул январалда 60 сон барав пуланав пенсионер Мухӏамадовас Пенсиялъул фондалде хитӏаб гьабуна пенсия чӏезабеян абун. Гьесухъа документаздалъун тасдикъ гьабун бажарана захӏматалъул стаж – микьго сон (хӏажалъулаан ичӏго) ва пенсиялъул 12 балл (хӏажалъула 13,8). Гьесие пенсия кьезе инкар гьабуна.\nГьесул ихтияр буго щуго соналдасан социалияб пенсия кьеян гьаризе. Амма рес буго гьелдаса цевеги пенсиялде ине: гьев жеги хӏалтӏизе ва пенсиялъул баллал щвезаризе ккола. Гьесие пенсиялде ине камун букӏана гӏицӏго лъагӏел – 2019 соналда пенсиялде унезе хӏажалъула, тӏадехун кьураб таблицаялда рекъон, 10 лъагӏел, амма Мухӏамадовасда гьеб хъинтӏуларо – гьесие гӏола ичӏго соналъул стажги. Гьелде тӏадеги, гьесие щвезе ккола камун букӏараб 1,8 баллги. Хӏалтӏулаго, гьел баллалги щвани, Мухӏамадовасе ихтияр буго 2019 соналда, ай 61 сон бараб мехалда, пенсиялде ине. Мисалалъе, 2018 соналда хӏалтӏаралъухъ гьесие тӏаде бачӏуна кӏиго балл, моцӏрол харж 17000 гъуруш букӏун батани (10000хӏ2/1021000хӏ0). Гьебги тӏаде жубараб захӏматалъул стажги гӏезеги буго 2019 соналда пенсиялде ине. Амма моцӏрол харж рехсаралдаса дагьаб бугони, гьев хӏалтӏизе ккола 2019 соналдаги – хӏажатал баллал ракӏаризегӏан.\nБаллазул валарахас\nБаллал чӏезариялъул магӏна бичӏчӏуларо. Гӏемерисез гьикъула, 2015 соналде щвезегӏан, хасго 2002 соналда цебесеб, хӏалтӏул соназул баллал кин чӏезарулин абун.\nЧан гъуршида бащалъизе кколеб пенсиялъул балл? Кин ва сундухъ балагьун чӏезабулеб гьелъул роцен? Гьел суалазе жаваб батизе хӏаракат гьабуна 2016 соналда РФялъул Хӏисабалъул палатаялъ ПФРалъул халгьабураб мехалда. Аудиторазул хӏукмуялда хъван буго: «Жакъа къоялъги РФялъул хӏукуматалъ тасдикъ гьарун гьечӏо пенсиялъул индивидуалияб коэффициент баян гьабулебги федералияб бюджеталдаса ПФРалъул бюджеталде бюджетазда гьоркьосел трансфертал рикӏкӏунебги къагӏидаби. ПФРалъул доходал цӏикӏкӏиналъул индексги пенсиялъул баллалъул багьаги чӏезарулеб методология гьечӏеб мехалда захӏмалъулеб буго, индексация гьабиялъулги пенсиял чӏезариялъулги ритӏухъаб нух батулищали халкквезе», — ян.\nГъоркьисала ПФРалъ тӏибитӏизабуна хасаб пресс-релиз. Гьелда бицунеб букӏана баллазул къагӏидаялъул цӏакълъи-тӏокӏлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъие гӏиллалъун ккана, СМИяздасан бицунеб букӏин, баллазул къагӏида хӏалтӏизабиялда бан, россиялъулазул миллионал хутӏизе бегьулин пенсияги гьечӏогоян. Масала, СМИязда рехсолел рукӏана Пачалихъияб Думаялъул депутат Олег Шеинил гьал рагӏаби: «2025 соналде (гьеб цӏакъ хехго тӏаде щвела), пенсиялде ине ккани, гӏадамазе хӏажалъизе буго 30-ялдаса дагь гьечӏеб балл. Кӏигоялдаса цӏикӏкӏун балл кьоларо цо лъагӏелалъ хӏалтӏаралъухъ. Гьебги МРОТалда бащалъулеб моцӏрол харж бугони. Гьелдаго цадахъ, моцӏрол харжлъунги рикӏкӏине буго гӏицӏго Пенсиялъул фондалде тӏаса гӏарац рехараб харж. Гьелъул буго, нагагь чиясул бищун дагьаб моцӏрол харж букӏун батани, гьев 30 соналъниги хӏалтӏизе кколин абураб магӏна. Кӏиго МРОТалда бащалъулеб харж бугев чиясе гӏезехъин буго стажалъул 15 лъагӏел».\nГьелда бан, Пенсиялъул фондалъ лъазабун букӏана:\n1. ПФРалде рехулел страховиял взносал гьенире щола гӏицӏго «хъахӏаб» моцӏрол харжалдаса. Гьединлъидал баллаздаса махӏрумлъизе рес буго гӏицӏго «конверталда» жанибги лъун харж щолел хӏалтӏухъаби.\n2. Гьабсагӏаталда рес буго, лъагӏалида жаниб кӏиго гуреб, 8,26 балл щвезе. 2021 соналдаса нахъе лъагӏалида жаниб щвезе бегьула 10 баллги.\n3. 2025 соналда херлъиялда бан страховияб пенсия чӏезабулеб мехалда хӏакъикъаталдаги хӏажалъизе буго пенсиялъул 30 балл. Амма гьел баллал ракӏаризе кколаро 2025 соналде щвезегӏан хутӏарал соназда; гьел рикӏкӏине руго тӏолабго захӏматалъул стажги хӏисабалде босун. Гӏагараб заманалда пенсиялде ине заман щварал гӏемерисел гражданазул буго гьелъие хӏажатал баллазул гӏураб къадар.\n4. Россиялда пенсиялде унезул гьоркьохъеб стаж буго 35 сон. Бищун дагьаб харж щолеб букӏун батаниги, гьеб болжалалда рес буго хӏажатал баллал, ай бищун дагьаздасаги цӏикӏкӏун, ракӏаризе.\n5. Россиялда цониги чи хутӏуларо пенсия гьечӏого. Пуланал гӏиллаби сабаблъун гьев махӏрумлъулев вугони страховияб пенсиялдаса, гьединав чиясул ихтияр буго социалияб пенсия чӏезабеян хитӏаб гьабизе.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "2383-groznyyalde-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2383-groznyyalde-sapar", "title": "Грозныялде сапар", "date": "2018-08-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чачаназул тахшагьаралъ асир гьавуна\nКӏиго республикаялда гьоркьоб бугеб батӏалъи бихьидал, тамашалъизе бачӏуна\nГӏемер бицунеб рагӏун букӏана чачаназул тахшагьаралъул берцинлъиялъул, ракӏгъеялъе ва хӏухьбахъиялъе гьенир гӏуцӏун ругел шартӏазул хӏакъалъулъ. Дидаго бихьараб гӏадаб жо букӏинарин ракӏалдеги ккун, ният гьабуна Грозныялде сапар бухьине. Махӏачхъала шагьаралъул № 29 школалъул цӏалдохъабиги гьезул эбел-эменги экскурсиялъ Грозныялде унел рукӏин лъайдал, гьезда цадахъ дунги къватӏиве вахъана.\nДагъистаналъул гӏорхъи бахиндал, чачаназул ракьалдасан унеб шагьранух буго гӏатӏидаб ва машинаби хьвадиялъе щибго квалквал гьечӏеб. Щибаб шагьаралъул, росдал гӏорхъода ран руго чӏухӏизарун къачӏарал кӏамураби. Нухлул кӏиябго рахъалдаги аскӏор ругел шагьаразул ва росабазул минабаздаги, ах-хуралдаги гьоркьоб буго 50-60 метралъул манзилалда эркенаб ракь. Цо чачанас бицана Аргун шагьаралдасан унеб шагьранухда аскӏор рарал минабаздаса, тукабаздаса ва цогидал бакӏаздаса гьеб ракь эркен гьабизе полициялъ гӏадамазе кьунила кӏиго анкь, лъабабилеб анкьалъ бачӏун техникаялъ гьенир хутӏарал бакӏалги щущазарунилан.\nШагьаразул, поселоказул ва росабазул минабазул шагьранухдасан рихьулел къадал руго цо кьералъул, цо куц-мухъалъул ва цо борхалъиялъул. Гьелъ сверухълъиялъе кьолеб буго узданлъиги беричлъиги.\nЖакъа Грозныялъул рагӏалда ран ругел минабиги, ахалги, нухалги руго беркколеб хӏалалда къачӏан, гӏурччинлъиялъулъ тӏерхьун. Ва бищунго аслияб жо, шагьранухдаги минабаздаги гьоркьоб чӏезабун буго саламатаб манзил, гӏатӏилъи.\nНиж щвана Джалка, Аргун ва Гудермес шагьаразул мажгитазде, ахазде, гьезул берцинлъиялъул ва къачӏан ругеб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицун хӏалкӏоларо ва гьеб рахъалъ нилъер республика пакъирлъиялда бугин абуни, гьереси букӏинаро.\nГрозныялде щведал экскурсия байбихьана Ахӏмад-хӏажи Къадировасул цӏаралда бугеб мажгиталдасан. Гьебги буго кутакалда къачӏан ва сверухълъи буго гӏурччинлъиялъ ккун. Мажгиталда аскӏобго бугеб Грозный-сити абулеб авал бихьидал, цебе бачӏана, телевизоралдасан рихьарал шагьарал, хасго Дубай шагьар. Гӏемертӏалаял минабазул цоялъул 32-абилеб тӏалаялъул тӏохда туристазе гьабураб майданалдаса Грозный бихьула хъатиниб лъураб гӏадин. Гьенир гьечӏо, Махӏачхъалаялда гӏадинал, гӏемерал кӏалгӏаби, гӏемерисел минаби руго 2-4 тӏалаялъул. Гьеб берцинлъи бихьизе тӏохде рахине бокьарал туристазе бичулеб белтил багьа буго 100 гъуруш.\nТахшагьаралъул бакьулъ буго тӏугьдузул парк. Гьелъул узданлъиялъ гӏажаиблъизаруна ва гӏезегӏан гӏакъуба бихьана лъималазул улбузда лъимал гьениса къватӏире рачине кӏоларого. Грозныялъул рагӏалдаги буго Ахӏмад Къадировасул цӏаралда бугеб парк. Гьенир руго атракционалги, фонтаналги, парк къотӏун чвахулеб лъел каскадги, тӏасан лъун руго кьоялги, бакӏ-бакӏазда эхетун руго сиялги. Гьенибго буго зоопаркги.\nГрозный къотӏун унеб Сунжа гӏурул кӏиябго рахъалда бараб къед бихьидал, дир чорхол хӏал хисана. Бокьани гьадинги гьабизе кӏолеб бугогури абураб пикру бачӏана Махӏачхъала къотӏун чвахулеб чорокаб каналги цебечӏун.\nЧРялъул печаталъул, ай журналистазул мина бихьидал, бичӏчӏана Дагъистаналъул мискинлъиги пакъирлъиги.\nЛъималазе бищунго бокьана Грозныялъул дельфинарий. Гьелда аскӏоб гьабураб каналалъул лъеда тӏад, русбуздаги рекӏун, тира-сверизеги цӏакъ бокьула туристазе. Москваялдаса ахӏарал артистаз дельфиназул гӏахьаллъигун рихьизарулел церерахъиназул бицинаро, амма белтихъ босулеб 800 гъурушалъ Грозныялъул бюджет бечед гьабулеблъи хӏакъаб буго.\nЧачаназе Каспий ралъдахъе нух гьечӏо. Гьеб къварилъиялдаса рорчӏиялъе, Грозныялдаса рикӏкӏад гьечӏого гьабун буго, 1600 метр халалъи, 800 метр гӏеблъи ва анлъго метр гъварилъи бугеб, кӏудияб хӏор. Гьелда абула Грозныялъул ралъадилан.\nКъокъго абуни, жакъасеб Грозный буго хӏатталдаса ун берцинаб шагьар. Бихьизе жоги, ине бакӏги, хӏухьбахъизе шартӏалги гьенир гӏунги тӏокӏал руго. Гьединлъидал гьенир тира-сверулел туристазул къокъабиги рихьула. Нижеда дандчӏвана Якутиялдаса, Калмыкиялдаса, Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Волгоградалдаса, Дагъистаналдаса рачӏарал туристазул къокъаби.\nЦо-цояз абула ЧРялъе Москваялъ гӏемераб гӏарац биччалеб букӏиналъ бугин гьениб гьединаб берцинлъи гьабун. Амма, дида ракӏчӏун абизе кӏола, Дагъистаналъул тӏалъиялдаги унго-унгоял патриотал рукӏаралани, нилъер республикаги мадугьалзабаздаса нахъеккараб букӏинаронин. Гьелъул бицун гьанже пайдаго гьечӏо. Хӏакъаб жо, жакъа гӏадин гьумерги чуричӏого, республикаги, кьишниялъулъ къан Махӏачхъалаги, канализация жанибе чвахулеб Каспий ралъадги бугони, Дагъистаналде туристал рачӏин щакаб иш буго.\nНури Нуриев"}
{"slug": "2390-gudull-iyal-bertsin-gabula-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2390-gudull-iyal-bertsin-gabula-giumru", "title": "Гьудуллъиялъ берцин гьабула гӏумру", "date": "2018-08-13 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рокьи бекьизе, рокьукълъи чӏаразе — гьеб ккола дир хӏалтӏул магӏна\nТӏоцебесеб дандчӏвай\nБокьула дие батӏи-батӏиял гӏадамазулгун лъай-хъвай гьабизе, хасго магӏарул руччабазулгун. Гьезул щиялъулгун гара-чӏвариялда цо-цо пашманал, къваридал пикраби хисула. Гьезул гӏумруялъул дарсазаса хадуб дир рекӏелъе лъугьунго лъугьун бачӏуна рохелги чӏухӏиги. Иргадулаб сапар дица бухьана Гӏайшат Нурмухӏамадовалъухъе. Битӏун бицани, гара-чӏвари сундасан байбихьилебани лъаларого йикӏана. Амма бахьинаб гьурмада берцинаб гьимигун гьей яккун ячӏиндал, дида лъалеб букӏана нижер гьуинаб хабар ккезе букӏин.\nГӏайшат Нурмухӏмадова гьаюна ва гӏуна Гумбет районалъул Гъоркьа Инхо росулъ. Гӏолохъанго баччизе ккана гьелъ гӏумруялъул бакӏлъи. Росги хун, гьитӏинав Муртазагӏалиги каранде къан хутӏарай гьелъ магӏу тӏолаан жиндирго къисматалъул пикрабиги гьарун. Къойилго ботӏролъе рачӏунел ва гьениса хъамизе захӏмалъулел пикрабаз рахӏат толеб букӏинчӏо Гӏайшатие.\nДир мугъчӏвалеб кьуру — Ислам\nАмма Гӏайшат хвасарлъана исламалде бугеб кӏудияб божилъиялъги ва гьениб чӏужугӏаданалъ кколеб бакӏ бичӏчиялъги. 1993 соналда гьелъ борхана хӏеж.\nДагь-дагьккун Гӏайшатил рекӏелъ щулияб бакӏ ккуна исламалъ. Гьелъие цоги квербакъанин абизе бегьула доб мехалда Хасавюрталда мадрасаялда хӏалтӏулев вукӏарав Дагъистаналъул жакъасев муфти Ахӏмад-хӏажица. Гьесда цеве цӏализе витӏана Гӏайшатица жиндирго васги. Ва гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏанги Гӏайшатица жиндирго захӏматалъулаб биография ва тӏолабго гӏумру сайгъат гьабулеб буго исламалъе.\n— Ислам — гьеб ккола дир мугъчӏвалеб кьуру. Гьеб бичӏчӏидал, бичӏчӏана дида гӏумруги. Гьелъ вацал-яцазул дидехун бугеб хӏикматго берцинаб бербалагьиялъги исламалъулъ бугеб къуваталъги хвасар гьаюна дун, — ан бицана Гӏайшатица.\nГьей цӏалана Дагъистаналъул теологиялъул институталда. Хӏалтӏи байбихьана Дагъистаналъул исламияб институталдасан. Гьелъ нухмалъи гьабулеб букӏана руччабазда, ясазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏуе, кӏвар кьолеб дагӏваталъул отделалъе.\n— Рукӏинесел улбузе рухӏияб тарбия кьей — гьеле дир хӏалтӏул аслияб мурад. Дица дунго рикӏкӏуна талихӏай гӏаданлъун, щайгурелъул дир кумекалдалъун битӏараб нух тӏасабищарал руччабазул баркалаялъул цӏайи бищун багьаяб жавгьаралъулалда бащадаб буго дие, — ян абуна Гӏайшатица.\n2009 соналда Муфтияталда цебеги рагьана дагӏваталъул отдел. Гьеб рагьаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан гьений хӏалтӏулей йиго Гӏайшат.\nГӏайшатил гӏумруялъул дарсал\nГьелъухъе рачӏуна къисматалъ къварид гьаруралги, гӏумруялдаса ракӏбуссаралги, цӏидасан гӏумру байбихьизе бокьаралги руччаби. Гьелъул вагӏза-насихӏатаздаса хадуб, гьел руччабазул гӏумруялде рещтӏуна цӏилъи.\n— Дица хӏаракат бахъула киназулго ракӏазулъ лъикӏлъи бекьизе ва гьениса чороклъи, рокьукълъи чӏаразе, — ян гьурмада талихӏалъул асаргун бицана Гӏайшатица.\nГьелъул рагӏаби ритӏухъ гьаруна гьелдаго аскӏой гьелъул кумекчӏужулъун хӏалтӏулей йигей Чӏарада районалъул Цӏуриб росулъа Сидрат Мухӏамадовалъ.\nМеседил медалалда школа лъугӏарай Сидрат цӏализе лъугьуна Дагъистаналъул халкъияб магӏишаталъул институталде. Амма ракӏалъ батӏияб рахъалде цӏалей йикӏана. Ахирги гьей цӏализе лъугьуна Дагъистаналъул исламияб институталде ва тӏокӏалъ ятӏалъизе кӏвечӏо гьениб лъай-хъвай ккарай жиндирго мугӏалималдаса.\n— Дир кваранаб кверлъун йиго жакъаги Сидрат. Гӏисинал лъималазги росасул гьаризе кколел адабазги — сунцаго квал-\nквал гьабичӏо гьелъие, гьаб хӏалтӏи нухда бачине, — ян абун, чӏужугӏадан, эбел, лъади хӏисабалда, тӏадегӏанаб къимат кьуна Гӏайшатица жиндирго цӏалдохъаналъе.\nГӏумру берцин гьабула гьудуллъиялъ\n— Инсанасул гӏумру берцин гьабулеб жолъун дица, тӏоцебесеб иргаялда, рикӏкӏуна гьудул-гьалмагълъи. Гьел гӏемерлъанагӏан, нилъер гӏумруги тӏегьала ва гьел талихӏалъул тӏугьдуз нилъедаса квешлъиги гьабула рикӏкӏад. Амма гьел тӏугьудул речӏачӏого рукӏине ккани, щибаб лахӏзаталъ лъалъазе ккола гьел цоцаздехун бугеб рокьиялъ,- ан рикӏкӏунеб бугоан гьелъ.\nЩибаб сапаралъ Гӏайшатие сайгъат гьарулел руго цӏиял гьудулзаби. Ва гьелъул рекӏелъ рекӏунеб буго цӏияб цӏаги. Гьеб цӏадул хинлъи гьелъ кьолеб буго цогидазеги.\nСапарал ва цӏиял лъай-хъваял\nРуччабазе рухӏияб тарбия кьеялъул мурадгун Гӏайшатица сапарал гьарула дагъистанияз гӏумру гьабун бугел Россиялъул батӏи-битӏиял регионазде. Масала, Муфтияталъул хӏалтӏухъабигун цадахъ гьей щвана Саратовалде, Пензаялде, Самараялде, Ульяновскалде, Оренбургалде, Троицкалде, Челябинскалде ва цогидалги шагьаразде. Гьединго щвана Дагъистаналъул щибаб районалдеги.\n— Гьанже, кигӏан бокьанги, буго динияб адабият. Нилъецаго цӏаланигицин, лъалеб, бичӏчӏулеб мацӏалда буго гьениб хъварабги. Гьединлъидал гьабсагӏаталда гӏадамазул тарбиячилъун, хасго гӏун бачӏунеб гӏелалъул, Интернет лъугьиндал, нижеда, Муфтияталъул хӏалтӏухъабазда, лъикӏаблъун бихьана рухӏияб тарбиялде кӏвар дагьаб цӏикӏкӏун кьезе. Гурони, гӏолилазда гьоркьоб гӏемерлъулеб буго чороклъи. Хвасарлъи гӏицӏго исламалъулъ буго, — ян ракӏунтун бицана Гӏайшатица.\nГьелъул ракӏбохула, Россиялдаго рикьун-рикъ ругел ракьцоязухъе щведал. Гьелъ бицана кинаб адаб-хӏурматалда жидеда дандчӏвай гьабулебали. Бихьулеб буго гьединал дандчӏваязухъ гьел гӏашикъ рукӏунел ругеблъиян бицана Гӏайшатица.\nГьединго Гӏайшатил рахӏатхве-забулеб буго гӏолилазул гьанжесел ригьнацаги.\n— Ургъичӏого, ригьнал гьаризе гӏедегӏулел руго цо-цо гӏолилал. «Интернаталъул рокьиялъ» гӏуцӏарал хъизамал щулиял рукӏунаро. Гьезда жеги бичӏчӏулеб гьечӏо цоцазда тӏад бугеб жавабчилъи. Гьединлъдал нижеца хӏаракат бахъула гьеб рахъалдеги кӏвар кьезе, — ян абуна гьелъ гара-чӏвариялъул ахиралда.\nМиллаталъул маданияталъулгун бухьен\nГьеб бухьен букӏин бицунеб буго Муфтияталда бугеб музеялъги. Гьенире жанире лъугьиндал, цебе бачӏуна магӏарул гъансито, гьале 120 соналъ цебе лъимер жинда бущун букӏараб кини. Гьале гьанибехун тӏолабго хъизан жанисан кваналеб букӏараб хӏерчч. Гьале саргъасал, гьанибехун чанго батӏияб тайпаялъул гӏучӏалтӏан, давагьинал, салмагал, халичаби.\nГьале доб хвезе, лъугӏизе рес гьечӏеб наслабазул щулияб бухьен. Гьеб бухьен Дагъистаналъул руччабазулъ даим чӏаго хутӏиялъе ва гьезги хадусел наслабазе цӏуниялъе цӏакъго баракатаб хӏалтӏи гьабулеб буго Гӏайшат Нурмухӏамадовалъул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул Муфтияталъул дагӏваталъул отделалъул хӏалтӏухъабаз.\nМагӏарул руччабазде Гӏайшатил хитӏаб\nМагӏарул мацӏалъ, бацӏцӏадаб ракӏалъ гьабулеб буго нужеде хитӏаб. Баркула, дир яцал, тӏоцебесеб иргаялда, тӏаде щолеб бугеб Къурбаналъул гӏид.\nДир гьари магӏарул руччабазде — рукӏа Дагъистаналъего, тӏолгодунялалъего мисалияллъун, гӏамал берциналлъун. Нуж рукӏа лъикӏал улбуллъун, гурхӏарал яцаллъун, мутӏигӏал лъудбилъун, унго-унгоял бусурбабилъун. Гӏицӏго гьеб мехалда рукӏина нуж кӏиябго рокъор талихӏаллъунги.\nСвине тоге хъизамалъул гъасда бакараб цӏа. Гьеб цӏадул хинлъи бараб буго нужеда, нужер мутӏигӏлъи- мукӏурлъиялда, бихьиназул нужеца гьабулеб адабалда. Гӏедегӏуге хъизан биххизе. Лъималазул талихӏаб букӏинеселъе гӏоло, бажарарабгӏан заманалда бачче гӏумруялъул бакӏаб гьир. Гьелъухъ сайгъатлъун нужее букӏине буго лъималазул талихӏаб гьими. Гьелъулъ гурищ нужерги талихӏ бугеб. Гӏиси-бикъинаб жоги гӏочӏода чӏван, гьеб гьайбатаб талихӏалде мугъ рехизе гӏедегӏуге нуж.\nГӏайшатил дарсалги цӏалулаго…\nГьалеха ахиралде щвана Гӏайшат Нурмухӏамадовалъулгун гара-чӏвари. Бихьулищха, гьелъул букӏун буго кучӏдул гьаризе махщелги — къватӏибе биччан буго кӏиго тӏехь. Биччазе хӏадур гьабулеб буго жеги кӏиго тӏехь.\nДица регулел руго гьелъ дие кьураб тӏохьол тӏанчал. Ва гьениб хъвараб цӏалулелъул, ургъизе тӏамулей йиго жеги дидаго рагьизе, ричӏчӏизе кӏвечӏел гӏумруялъул балъголъабазда тӏад…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2542-baleb-tsiad-gek-oleb-chaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2542-baleb-tsiad-gek-oleb-chaj", "title": "Балеб цӏад, гьекъолеб чай…", "date": "2018-08-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "12 августалда Сугъралъ тӏобитӏана чайдул кӏиабилеб фестиваль\nСугъулдерица чай гьекъолеб куцги гьел гьелъул лъикӏал устарзаби рукӏинги гӏемер лъикӏ лъала гьелгун дандчӏваразда ва Сугъралъе щваразда. Араб гӏасруялъул 30-абилел соназда чайдулгун ккараб бухьен-гьудуллъи щула гьабун гурони, сугъулдерица гьеб киданиги хвезе течӏо, хадубккун телинги кколаро. Гьебги, батӏи-батӏиял данделъаби-тадбирал гьариялъулъ гьениб цӏикӏкӏараб хӏалбихьи букӏинги хӏисабалде босун, 2016 соналда Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал Хицӏиб мархьухъ (колохъ), 1741 соналда Надир-шагьасул боязда кьаби лъураб майданалда бан бугеб «Ватӏан» мемориалияб комплексалда тӏобитӏана тӏоцебесеб чайдул фестиваль. Гьелъул программаялдаги рукӏана чай гьекъеялъул рахъалъ чемпионат, чаялъул батӏи-батӏиял тайпабазул халгьаби-хӏалбихьи, музыкалиял церерахъинал, спортивиял къецал. Гӏахьалчагӏиги гьалбалги рикӏкӏун, гьеб фестивалалде щвана гӏага-шагарго 1200-1300 чи, гьенибго къотӏи ккана фестиваль щибаб соналда тӏобитӏизе. Гъоркьиса гьеб гьабичӏого хутӏиялъе гӏилла ккана гӏуцӏарухъабазда (аслияб куцалда гьеб гьир тӏаде ккола комплексалъул нухмалъулев Хӏамзат Гӏумаровасда ва гьесул кумекчагӏазда) рачӏел цо-цо хӏужаби. Рагьараб майданалда тӏобитӏулеб фестивалалде хӏадурулаго, исана гӏезегӏан квекӏенал гьаруна гьава-бакъалъ, ахирал къоязда гьоркьор чӏечӏого ралел рукӏарал цӏадаз. Бугониги, тӏоцебесеб фестивалалда рукӏараздаса гьенире рачӏаразул къадар дагь букӏинчӏо. Фестивалалде рачӏаразда гьоркьор рукӏана: туризмалъул ва халкъиял промыслабазул министр Рабият Закавова, Гъуниб ва Гӏахъуша районазул бутӏрул Ахӏмад Мухӏамадов ва Ахӏмад Мухӏарамов, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиявмухӏамадов, Магӏарул театралъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов, «Ватӏан» комплексалъул проекталъул автор Мухӏамад Керимов ва цогидалги. Бан-чӏун бугеб цӏадалъ фестивалалъул программаялъе дагьаб квалквал гьабуниги, лъикӏаб даражаялда букӏана гьелъул музыкалияб бутӏа, берцинаб хӏалалда ана официалияб бутӏа, къасд ккаразе рес щвана бокьараб тайпаялъул чай гьекъезе ва миллияб кванил хӏалбихьизе. Тӏоритӏана чӏорбутӏ речӏчӏиялъул рахъалъ къецалги, амма харил тангал рорхи-рехи ва спорталъул гьеб мисалалъул цоги тайпаби, гьава- бакъалъул шартӏаздалъун, исана тезе ккана. Кин-щиб букӏаниги, лъил-кинал хӏасилал кканиги, я майданалда букӏараб хӏалуциналъ, я балеб цӏадалъ кинабгӏаги къварилъи гьабичӏо сверухъ бугеб гьайбатаб тӏабигӏаталъ киназего, хасго гьалбадерие, кьолеб лъикӏаб, хекко кӏочонареб асаралъе.\nПалхӏасил, фестиваль ана къваригӏел гьечӏел лъугьа-бахъинал ккечӏого, ракӏбакъваялъгун чӏамучӏлъиялъ бизар гьаричӏого, гӏадатияб, эркенаб низамалда, рагьараб къагӏидаялда, тӏасияб соналда дагьабги лъикӏ нухда тӏамизе нигатгун.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "2544-kaldasa-khadub-zaral-khvagiuleb-giadat-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2544-kaldasa-khadub-zaral-khvagiuleb-giadat-gechio", "title": "Кьалдаса хадуб зарал хьвагӏулеб гӏадат гьечӏо", "date": "2018-08-24 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Спортивияб лагералда чехь-бакьазул унти ккун больницаялда буго 60-ялдаса цӏикӏкӏун лъимер\nДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул халкквеялда буго Шамил районалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал. Официалиял идарабаздаса щварал баяназда рекъон, 12-13 августалда Шамил районалъул больницаялде ккана Хучада росулъ бугеб «Спартак» абулеб лъималазул сахлъи щулагьабиялъул лагералда чехь-бакь унтарав (кишечная инфекция) 65 чи, гьездаса 61 лъимерги лагералъул ункъо хӏалтӏухъанги (богогьан, хъаравул ва кӏиго тарбиячи). Больницаялде лъимал рачӏун руго цого гӏаламаталгун -цӏикӏкӏараб цӏа-кан, чохьол унти, лагӏи. Жакъа гьезул ахӏвал-хӏал гьоркьохъеб ва захӏмат гьечӏеб куцалда бугилан рикӏкӏунеб буго, больницаялда чӏезабун буго къваригӏунел дарабазул нахърателги материалалги.\nГьеб лагералда хӏухьбахъулеб букӏана кинабниги 220 лъимер, 12 июлалда – 115. Гьезул заман лъугӏулаан 20 августалда.\nБетӏераб больницаялъул тохтурзабазе кумекалъе Шамил районалде рачӏун рукӏана Республикаялъул рахунел унтабазул централъул медиказул къокъа ва бетӏерай тохтур. Киналго унтаразе щолеб буго къваригӏунеб медицинаялъул кумек. Гьединго кумек гьабиялъул мурадалда министрасул тӏоцевесев заместитель Фейзулагь Хӏабибулаевасул бетӏерлъиялда гъоркь рачӏун рукӏана ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул специалисталги бетӏерай эпидемиолог Муслимат Хӏасановаги.\nДРялъул Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Элеонора Гӏумариевалъ абуна Шамил районалъул Хучада росулъ бугеб «Спартак» абулеб сахлъи щулагьабиялъул лагералда лъимал унтиялъе гӏилла кколин кванил нигӏматал цӏуниялъе къваригӏунеб цӏорой-хинлъиялъул низам цӏуничӏолъиян.\nЛъималазул сахлъиялъе хӏинкъи бугеб гьеб лъугьа-бахъин ДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасул хасаб халкквеялда гъоркь буго.\nЛагералда загьруяб квен кун лъимал унтиялъул хӏужаялъул цӏех-рех гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ гуребги, Дагъистаналъул Цӏех-рехалъул комитеталъги.\n«Цӏех-рех гьабиялъул идарабаз халгьабулеб буго “Спартак” лагералда лъимал унтиялъе ккараб гӏиллаялъул ва гьелъие гӏайибиязул. Гьелъул хӏасилалда гӏайибиял тамихӏалде цӏазе руго», — ян абуна республикаялъул СУ СКРялъул вакил Егор Балашовас.\nЖакъа къоялде Роспотребнадзоралъ лагералъул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизабун буго.\nГьале Шамил районалъул лъималазул лагеразул хӏалтӏул жавабчилъи тӏаде кколел хъулухъчагӏазул цо-цо пикраби.\nБетӏераб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялъул заведующая Патӏимат Гӏачилаевалъ абуна:\n— СМИязда рехсолев вугев 65 чи гуро больницаялде ккун вукӏарав, 84 чи (гьездаса 80 лъимер) вукӏана. Гьел регизарун руго киналго отделениязда, ай больница сверизабун буго рахунел унтабазул госпиталалде. Гьел киналго руго рахь гъорлъ бугеб пюре кварал лъимал. Ччугӏа яги цоги жо кварал, ай пюре квинчӏел лъимал унтун гьечӏо. Лъимал унтиялъе ккараб гӏиллаялъул мухӏканлъи лъала, Махӏачхъалаялдаса лабораториял цӏех-рехазул хӏасил бачӏиндал.\nБольницаялда лъолел капельницабазулги, гьарулел дарабазулги кумекалдалъун лъималазул сахлъи рукӏалиде бачӏунеб буго. Гьелъие кумек гьабулеб буго нижехъе рачӏарал Республикаялъул рахунел унтабазул централъул кӏиго тохтур-инфекционистас. Амма, сахлъиялъухъ балагьун, 5-7-10 къо бачӏого, лъимал больницаялдаса риччаларо.\nРайоналъул киналго лъималазул лагеразул цӏех-рех гьабуна Махӏачхъалаялдаса рачӏарал специалистазги Хунзахъ санэпидстанциялъул хӏалтӏухъабазги.\nШамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна:\n— Медицинаялъул хӏалтӏухъабаз гьарурал хехал тадбираздалъун бажарана кӏудияб къварилъиялдаса рорчӏизе. Гьелъухъ дица баркала кьолеб буго Роспотребнадзоралъул, Республикаялъул рахунел унтабазул централъул, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул специалистазе ва нижер бетӏераб больницаялъул коллективалъе. Гьез абуна лъимал унтун ругила загьруяб кванидасан ккараб сальмонеллезалъ. Унтарал лъималазе камураб жо нижеца щибго тун гьечӏо. Жакъа 32 лъимер, больницаялдаса биччазе бегьулеб хӏалалда, сахлъун буго, цогидалги сахлъиялда хӏинкъизе ккараб хӏалалда гьечӏо.\nГьаб пашманаб лъугьа-бахъин ккола нижер районалда лъураб чӏегӏераб тӏанкӏ, гьелъие нижеца кколеб къимат кьезе буго.\n* * *\nГьаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас хӏалтӏудаса эркен гьаруна Дербент шагьаралъул ва Шамил районалъул централиял больницабазул нухмалъулел Гьезул хӏалтӏудаса разилъи гьечӏолъи загьир гьабуна министрас.\nНури Нуриев"}
{"slug": "2546-giabasil-makhiamadil-muzeyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2546-giabasil-makhiamadil-muzeyalda", "title": "Гӏабасил Махӏамадил музеялда", "date": "2018-08-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хун хадувги гьалбал камуларо шагӏирасухъ гьоболлъухъ\nМахӏамад дида лъалаан гьев Москваялда Литературияб институталда цӏалулеб заманалдасаго нахъе. Дунги цӏалулев вукӏана Москваялъул кӏиабилеб медицинаялъул институталъул аспирантураялда. Общежитие букӏана институталда гӏагарлъухъ. Дунги гӏемер щолаан гьесухъе. Гьединго гьесухъ гьоболлъухъ рукӏунаан батӏи-батӏиял республикабаздаса шагӏирзаби, хъвадарухъаби, драматургал. Гьез цоцазе цӏалулаан жидерго асарал, цогидаз хъваралъул хӏакъалъулъ гара-чӏварулаан. Цо-цо гӏолохъанал хъвадарухъабаз жалго реццулаан, цогидал какулаан.\nГӏабасил Махӏамадил букӏана хасаб рукъ. Гьелъул магӏна ккола шагӏир кӏудияб къадру-къиматалда вукӏанин абураб. Гьесухъе щолаан Хӏамзатил Расулги, Яков Козловскийги, институталъул ректорги ва цогидал машгьурал гӏадамалги. Хасго гьесухъе гӏемер рачӏунаан гӏолохъанал хъвадарухъаби. Махӏамадица квербакъана гьезие адабияталъул кӏудияб дунялалде жанире лъугьине. Ракӏалда буго гьес диплом цӏунулеб къоги. Гьенив вукӏана Хӏамзатил Расулги. Гьес гьениб лъикӏаб къимат кьуна шагӏирасул махщелчилъиялъе. Гьелдаса хадуб шагӏирас гӏумру гьабулеб букӏана Махӏачхъалаялда. Цо заманалдаса шагӏирасул гӏумруялъулъ ккана киналго хӏикмат гьарураб кӏудияб хиса-баси — Махӏачхъалаялда бугеб квартираги бичун, гьев вахъана гӏагараб росулъе, Лъагӏилухъе. Гьениб гьес бана мина, гӏуцӏана магӏарул адабияталъулги маданияталъулги музей. Рагьана гӏажаибаб садакъа-тукенги. Гьениса чӏобого босизе бегьулаан бокьарав чияс жиндиего бокьараб жо. Бокьарас гьениб лъезеги бачӏунаан щиб-щибниги.\nДагьал церегӏан къоязда магӏарул шагӏир Адам Аваравгун цадахъ дун щвана шагӏирасул рокъовеги гьесул хабадеги. Нилъ киналго хвезе рижарал руго. Амма киназго гуребха ракьалда хвел гьечӏел лъалкӏал толел. Гьеб хвелгьечӏолъи шагӏирасухъе хвелалдего бачӏун букӏана.\nДандчӏвай гьабуна шагӏир хун хадубгицин гьесие мутӏигӏай Савдатица. Бихьулеб букӏана гьелъул рекӏелъ бугеб даим чучи гьечӏеб пашманлъиги.\nГьалеха музейги. Гьеб Гӏабасилас сайгъат гьабуна районалъе. Гьебги кӏудияб сахаватлъи ккола гьаб заманалда. Районалъул администрациялъ гьенир тун руго хӏалтӏухъабиги — Гӏабдусалам (музеялъул директор) ва Савдат. Амма хӏалтӏухъ щолеб мухь цӏакъго мукъсанаб буго — ункъазарго гъуруш. Гьебги щибаб моцӏалъ гуро щолеб. Хунзахъ районалда дагьал гьечӏо ресалда ругел гӏадамал. Бегьилаан гьелги музеялде щвезе ва материалияб рахъалъ кумек гьабизе.\nБихьулеб буго республикаялъул Культураялъулги Туризмалъулги рахъалъ министерствабазги, Хъвадарухъабазул союзалъги гьелде кӏвар кьолеб гьечӏеблъи. Лъазегӏаги лъалебдай гьезда гьединаб музей букӏин!? Заман щвана халкъияв шагӏирасул ва драматургасул ирс хадусел наслабазухъе щолеб хӏалалда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Дунялалдаго тӏоритӏула жидерго шагӏирзаби, художникал ва цогидалги машгьурал гӏадамал ракӏалдещвезарулел къоял. Масала, Россиялда гьел ккола Есенинл, Лермонтовасул, Пушкинил, Некрасовасул къоял. Гьанибго абичӏого гӏоларо — цӏакъ бокьулаан Гӏабасиласе, Лермонтовас гӏадин расги ххан, суратал рахъизеги. Гьеб гьесда рекъезеги рекъолаан.\nЩай бегьулареб Лъагӏилухъ росулъ санайил тӏобитӏизе Гӏабасил Махӏамадил къо ва ракӏалдещвезаризе гьесул асарал? Гӏабасиласул букӏана цӏакъ бечедаб гӏумру. Гьединаб гӏумру тӏамизе киназухъаго гуро бажарулеб. Гьесул хвелгицин тӏадегӏанаб ва тӏокӏаб буго цо-цоязул гӏумруялдаса. Гьев хвана, хвелгьечӏолъиги ракьалда тун. Музеялда буго цо хӏуби. Гьелдасан унел гвангъарал чӏораз къалъизабун букӏуна сверухълъиго. Гьеб батизе буго шагӏирас ракьалда тарал лъалкӏазул кунчӏиги гвангъиги. Гьенир рикӏун руго шагӏирасул гьал рагӏабиги:\nДица дунялалда барабщинаб мех,\nУнгоха, гьаб гӏумру\nун батараб хех!\nГӏабасил Махӏамад мустахӏикъав вукӏана дагьабги кӏудияб рокьуе ва адабалъе! Гӏемерлъаги Дагъистаналъе гьединал гӏадамал.\nМухӏамад Гӏабдулхабиров"}
{"slug": "2589-ansaderil-geni-genderil-tsiibil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2589-ansaderil-geni-genderil-tsiibil", "title": "Ансадерил гени, гендерил цӏибил…", "date": "2018-08-28 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 августалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб росдал магӏишаталъул ярмаркаялда гӏахьаллъана 30-ялдаса цӏикӏкӏун районалдаса вакилзаби\nМахӏачхъалаялда гӏемер тӏоритӏула росдал магӏишаталъул ярмаркаби, гьезда гьоркьор Дагъистан тун къватӏирехун ругел регионаздаса вакилзаби гӏахьаллъаралги. Базаралда ва тукабахъ батӏи-батӏиял нигӏматазул гьарзалъи бугониги, ярмаркабазда багьаби гӏезегӏан гӏодорегӏанал рукӏиналъ, гӏадамазе гьенире ине бокьула. Гьеб бицуна ва бихьизабула гьенире рачӏунел гӏадамазул къадаралъ.\nГӏахьалчагӏазегун даранчагӏазе пайдаяблъун букӏана 18 августалда, Пушкинил къотӏноб тӏобитӏараб ярмаркаги. Гьелъ лъикӏаб асар гьабуна. Гьелъул букӏана цо чанго хаслъиги. Дагъистан тун къватӏисан рачӏарал рукӏинчӏониги, рукӏана тӏолабго абуниги республикаялдаса рачӏарал, фермеразулал ва гӏаммал магӏишатазул нилъер гьанир рижулелщинал, гӏезарун бажарулелщинал гӏи-боцӏунхъанлъиялъулгун ахихъанлъи-хурухъанлъиялъул нигӏматал. Багьаби рукӏана оптовияздаса тӏаде инчӏел. Магӏишатиял чагӏазда цадахъго гӏемерал рукӏана кечӏ-кьурдиялъул хӏаракатчагӏиги (магӏарулазул цо бокӏнилъ чанго нухалъ тӏадруссун ахӏана «Ансадерил гени, гендерил цӏибил» кечӏги). Ярмаркаялде щвана республикаялъул бетӏер В. Васильев, гьесда цадахъ рукӏана хӏукуматалъул бетӏер А. Здунов, республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев В. Иванов ва цоги жавабиял хӏалтӏухъаби. Васильев лъалхъулев вукӏана щибаб павильоналда аскӏов, гӏенеккулаан гьезул хважаинзабаз бицунелъухъ. Журналистазул рес букӏана цо чанго суал гьесие кьезе.\n— Кинаб къимат кьолеб дуца жакъасеб ярмаркаялъе? Мун Дагъистаналда вугебгӏан заманалда жаниб бищунго рекӏелъе босараб бакӏалъулаб нигӏмат щиб ккараб?\n— Дагъистаналда гӏезарулел нигӏматал руго кирго гьечӏелгӏан лъикӏал, тӏагӏамал, рацӏцӏадал. Гӏагарлъиялъ, рокъосез дида кидаго тӏадкъала, рес ккани, гьел росизе. Гьадинал ярмаркаби щибаб нухалда сверула байрамазде, гьеб битӏарабги буго. Гьаб буго нигӏматазул даражаги багьабиги шагьаралъул гӏадамазе дандекколеб, лъикӏаб тадбир.\n— Сундулниги хӏалбихьизе, щибниги босизе рес щванищ дуе?\n— Дие гьаниб щвана цӏакъго лъикӏаб настроение. Гӏемерал рукӏана жидер нигӏматал, гьездаго гьоркьоб коньякгицин кьолел, гьезул хӏалбихьеян гьарулел. Баркала гьезие, гьезул лъилниги ракӏхвезабизе кигӏан бокьичӏониги… нужеда кинабго бичӏчӏулелъул.\n— Дуца абуна ярмарка сверанин байрамалде абун. Байрамалданиги бегьилароанищ гьез кьолеб букӏараб коньякалъул хӏалбихьизе?\n— Гьеб коньяк лъикӏаб букӏиналда дир щаклъи гьечӏо, амма хӏалтӏуда вукӏаго дица гьеб киданиги гьекъоларо, гьекъечӏого лъикӏин цогидаздаги абула.\n— Павильоназулгун лъай-хъвай гьабулаго, цо-цо руччабаца цӏикӏкӏараб жигарчилъигун мун ахӏулев вукӏана кьурдизе. Амма мун цӏунулез хӏаракат бахъана нух къазе, къачӏого тун букӏарабани…\n— Нух къаялдалъун гьез цӏунана дир къадру… дун вуго цӏакъ махщел гьечӏев кьурдухъан.\n— Лъикӏав нухмалъулев, гьелде щвечӏеб даражаялъул кьурдухъан.\nГьединищ кколеб бугеб?\n— Нухмалъулев хӏисабалда дие къимат кьела нужеца, киналго дагъистанияз.\nКьурдухъаби камунги нилъ киданиги рукӏунаро, руго гьел.\n— Дагъистаналда?\n— Дагъистаналда ва гьединго дир командаялдаги.\nГьалбал нухарегӏун хадуб, чанго суалалъе жаваб кьезе рес ккана росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасеги.\n— Дур хӏисабалда, гьадинал ярмаркабазул хӏажалъи бугищ? Кинал тӏалабал рукӏунел гьединаб бича-хиси гӏуцӏиялде? Кин араб жакъасеб ярмарка?\n— Ярмаркабаз бихьизабула росдал магӏишаталъул хӏалтӏул хӏасил, ракьалда тӏад хӏалтӏулел гӏадамазул гӏумру-магӏишат. Нилъер гьаниб бижулареб ва гӏезабулареб, инсанасе хӏажатаб нигӏмат гӏемер гьечӏо, нилъеда тӏадаб буго гьезул къимат гьабизе ва гьездаса чӏухӏизе. Жакъа гьаниб гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул 30-ялдаса цӏикӏкӏун районалъ. Гьаб ярмарка тӏобитӏиялъул букӏана цойги мурад. Къурбан-байрам нухда тӏамиялъе хӏажатал тӏабигӏиял, рацӏцӏадал нигӏматал учузаб ба-гьаялда (30 проценталъ гӏодобегӏанаб) росизе рес кьола жакъасеб тадбиралъ. Шагьаралъул администрациялъулгун цадахъаб нижер пикру буго гьадинал ярмаркаби низамалда ва хасгьабун бихьизабураб, киналго шартӏал чӏезарун ругеб бакӏалда тӏоритӏизе. Кинабго бараб буго гьелъие эркенаб бакӏ батиялда.\n— Къаси дур столалда тӏад букӏинищ гьаб ярмаркаялдаса кинаб бугониги нигӏмат ?\n— Гьадин залимаб черх бугониги, дун гьедин гӏемер кваналев, хасаб кванда тӏадчӏарав чи гуро. Амма жакъа къаси столалда тӏад рукӏина гӏиял гьанги хӏанги.\n— Ярмаркаялда гӏахьаллъана республикаялъул бетӏер В. Васильевги. Гьеб хӏужа кин дуца къабул гьабураб?\n— Кин гьабилеб, кигӏан кӏваниги лъикӏ гьабуна. Росдал магӏишат ккола экономикаялъул цӏакъго жавабияб ва захӏматаб бутӏа. Гьелда цадахъго гьеб ккола цӏикӏкӏун кӏвар бугеб ва нилъее хасиятаб хӏалтӏи. Дун вуго командаялъул, пачалихъияв чи. Гьаб бигьаяб гуреб хӏалтӏуде дун ана республикаялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон. Дида тӏадаб буго гьесул дидехун бугеб хьулгун божилъиги хвезабичӏого, кинабго дир бажари, лъай ва хӏалбихьи хӏалтӏуе кьезе. Цӏакъго хӏалуцараб хӏалтӏухъги тӏуразе кколел гӏемерал масъалабазухъги балагьичӏого, гьес хӏажатаблъун рикӏкӏана гьаниве вачӏин. Гьелдалъун Васильевас бихьизабуна росдал магӏишаталъул кӏвар ва гьелдехун жиндир бугеб бербалагьи. Кинабго бихьаралдаса гьесул букӏараб разилъи нужедаго бихьана. Кӏудияб баркала гьесие. Баркала буго районазул (Унсоколо, Чӏарада, Гӏахъуша, Гъаякент ва цогидал) гьанир гӏахьаллъарал бутӏрузе. Хасаб баркала буго МВДялъул хӏалтӏухъабазе, сон къоялдаса нахъе гьел хӏалтӏулел руго нижеда аскӏор, гьез цӏунулеб буго гӏадлу-низам.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "2590-giabdurakhimanil-bak-daim-svinaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2590-giabdurakhimanil-bak-daim-svinaro", "title": "Гӏабдурахӏманил бакъ даим свинаро", "date": "2018-08-28 00:00:00", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Даниялов гьавуралдаса исана 110 сон тӏубала\nГьале гьадинаб берцинаб, щивасул рекӏелъ Данияловасул цӏаралъ хинлъи бекьулеб цӏарги ургъулаго, щвана дун гьесул памятникалъухъе. Цӏакъго гӏедегӏун йикӏана, кватӏизе гурин хӏинкъун, таксицин ккуна. Амма аскӏое гӏагарлъанагӏан, рекӏел хӏалуцин загӏиплъана — тадбиралъулаб ахӏвал-хӏалго букӏинчӏо я сверухъ, яги дагьабги добегӏан. Мекъицин кканадаян ракӏалдеги ккун, цодагьалъ лъалхъана.\nДагъистан тӏегьаялъулъ ва гьеб хадусел наслабазе цӏунарав Гӏабдурахӏман Данияловасул памятникалде цере ракӏарун ругоан дагьалго гӏадамал. Рукӏана гьенир Гӏабдурахӏман лъалелги, гьесул гӏагарлъиги, хӏакимзабиги, гӏадатиял гӏадамалги… Цо заманалдасан памятникалда цере лъуна тӏугьдул. Хадур гьаруна дагьа-макъалго кӏалъаялги. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас бицана Гӏабдурахӏманил хӏакъалъулъ ва цӏалана Расул Хӏамзатовас гьесде гьабураб кечӏ. Магӏарул театралъул хӏалтӏухъаналъги рикӏкӏана Машидат Гъайирбеговалъ Гӏабдурахӏманиде гьабураб кечӏ. Цинги кӏалъазе яхъана гьесул ясалъулги ясалъул яс. Гьелда лъугӏана кӏудияв инсан ракӏалдещвезавиялъул цӏакъго гьитӏинаб дандеруссин. Церегӏан рукӏаразда гурони бицунеб жоги рагӏулеб букӏинчӏо. Гьаб заманалда захӏматаб иш гьечӏищха микрофон щвей. Дидани ракӏалдеккун букӏана Дагъистаналъул букӏинеселъе гӏоло гӏумруялда барахщичӏев инсан кӏодо гьавулеб миллатцоязулги дагъистаниязулги гьаракь паркалда киса-кибего рагӏилилан. Кӏалъаяздаса хадуб лъазабуна миллияб музеялде рилълъине ругилан. Щвана гьенире. Рекӏее къваридаб асар гьабуна, гьесул букӏараб кабинет бихьидал. Гьениб бугоан Данияловасул гӏумруялъул, гьесул ишазул ва шапакъатазул, гьесул заманалъул хӏакъалъулъ бицунеб хасаб бокӏон. Нижее гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицана музеялъул хӏалтӏухъан, директорасул заместитель Заира Кильдаевалъ. Амма нижги гьенире нухарегӏун, хӏакимзаби цереса тӏагӏана. Гьел рачӏунгӏаги рукӏанищан гьикъидал, цо щвезеги щун хеккого анин абуна.\nГьалеха лъугӏана Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялда бан тӏоритӏизе ругел тадбиразул байбихьилъун бугеб тӏоцебесеб дандеруссин.\nБитӏун бицани, дие гьеб бокьичӏо. Гьеб букӏана «Гьабунищ? Гьабуна» абизелъун тӏобитӏараб тадбир.\nГӏайиб гьабуге, хӏурматиял тадбир гӏуцӏарал. Ракӏбакъвачӏого кинха хутӏилеб, дандеруссин байбихьизе цо-кӏиго минут хӏутӏидал, ячӏана цо гӏадан, памятникалда цебе бакӏ лъухьизе ва бацӏцӏине. Гьебги цӏакъго хӏакъираблъун бихьана. Заман щвана, хириял магӏарулал, нилъерго миллаталъул чӏухӏилъун, борхалъилъун, тӏадегӏанлъилъун кколел гӏадамазул адаб къадруялда ва букӏине кколеб даражаялда тӏобитӏизе. Гьечӏелдаса тӏехӏав лъикӏ василан абула магӏарулаз, амма хадубккунги гьебго пикруялда нилъерго чи кӏодо гьавизе ракӏалда батани, гьедин «кӏодо гьавиялдаса» гьавичӏого лъикӏ инсан. Республикаялъул хӏакимзаби кьижун ратани, кьижунищ рукӏине кколел гъунисел ва хасго ругъеж?\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2593-buznasan-umumuzul-nukhdasan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2593-buznasan-umumuzul-nukhdasan", "title": "Бузнасан, умумузул нухдасан", "date": "2018-08-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьанжелъизегӏан анцӏила щуго километралъ нух гьабун буго\n«Хӏакъикъат» газеталда цебехун чанго нухалъги хъван букӏана Чӏикӏасан Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде щвезегӏан цо пуланал чагӏазул къокъаялъ тӏаде босун нух бахъулеб бугин. Амма гӏадамазе цӏакъ пайдаяб, магӏаруллъиялъего кӏвар цӏикӏкӏараб иш букӏаниги, гьеб рагӏалде бахъинабизе кӏвеялда тӏубанго божилъи букӏинчӏо. Щайгурелъул, кьурабиги кьвагьун, гӏанлъун, рорлъун гьабулеб гьеб нух бахъиялъул хӏалтӏулъ пачалихъалъ кинабгӏаги гӏахьаллъи гьабулеб ва спонсор гьечӏолъиялъ, халкъалъеги гьеб гьир бакӏлъизе бугин абураб пикруялъ. Амма бакӏалде щун бихьаралъ битӏахъе асир гьаруна ниж ва бичӏчӏана проект кьучӏаб букӏин. Нухазул устар, жамгӏияв хӏаракатчи, Болъихъа Мухӏамадкамил Дибировасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏи унеб буго гьоркьоса къотӏичӏого. Гьес кӏикъого соналда жаниб гьаруна ва къачӏана магӏарухъ нус-нус километр нухазул. Гьездасан рехсела гӏицӏго ахирал соназда гьарурал цо-цоял: Генуб-Чӏиркъатӏа, Унсоколо-Гьерекӏдерил майдан, Болъихъ-Кӏаратӏа, Сагъри-кьо-Цӏияб Аргъвани, Болъихъ-Гӏанди, Ругъжаб-Хӏутниб, Сергохъала-Ванашимахьи. Кьучӏаб рагӏул ва гьединабго хӏалтӏул бетӏергьан Мухӏамадкамилихъе «Дагъавтодоралъги» разиго кьола хӏалтӏаби, къачӏазе нухал. Гьесие кумекалъе хӏалае чӏун вуго гӏемерал соназ Республикаялъул хӏукуматалда хӏалтӏарав ва хъулухъал тӏуралаго кидаго халкъалъул ургъалида вукӏарав Набиюла Мухӏамадовги.\nБузнасан нух. Умумузулго батараб нух бихьизе унелъул ниж тӏоцере щвана Сулахъ гӏурул къварилъуда тӏасан гьелъухъ балагьизе. Цӏумал роржунеб борхалъиялдасан бихьа-таралъ рекӏее кӏудияб асар гьабуна. Гӏурччинаб кьералъул тӏанса кинниги тӏибитӏун унеб Сулахъалда тӏасан бугеб нухалъ битӏахъе Алжаналде рачунел ратилин кколеб букӏана. Газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас абуна жиндир гӏумруялъулъ ракӏалда чӏолел хӏужаби, лъугьа-бахъинал дагьал рукӏинчӏин, гьаниб бихьаралъ (доба рикӏкӏада Ахӏулгохӏ, цогидаб рахъалда Чӏикӏаб росу, гъоркьан чвахулеб Сулахъ, зодир роржунел цӏумал, гӏурччинаб сверухълъи) хӏикмалъизавунин. Хадуб Мухӏамадкамилицагун Набиюлаца ниж рачана гьабураб хӏалтӏи бихьизе. Мухӏамадкамилил басриябго «Нива» машинаялдаги рекӏун щвана Ахӏулгохӏалъул рахъалдехун нух гьабулеб бакӏалде. Рикӏкӏадасан балагьараб мехалъ чӏва гӏадин битӏараб, аскӏоре щвараб мехалъ цогӏаги гвенд гьечӏеб 15-гӏан километ-ралъул манзил нухлул хӏадур гьабун буго хъил тӏезе бегьулеб хӏалалда. Бузнаб колода аскӏоре щун руго бульдозерал. Гьеб буго нухлул захӏматаб бутӏа. Ниж щвараб заманалда гьенир кьураби кьвагьизелъун 30 метралъ жанире рахъун ругоан картӏал, 100-ялдасаги цӏикӏкӏун мет-ралъул гъварилъиялъул гвенд бугоан жаниб цӏезабулеб. Ниж гьединго щвана жегиги хӏалтӏи гьабичӏеб, умумуз гьакал рачунел рукӏараб нухдасан гӏодореги.\nГьенир къадазда ратана анцӏ-анцӏ соназ цере гьарурал хъвай-хъвагӏаял, ругоан нух биххун инчӏого букӏине бакӏ-бакӏазда лъурал швеллералги. Амма нухда букӏараб техника гьеб къоялъ хӏалтӏулеб букӏинчӏо. Гьелъие гӏилла цӏехедал, гьадинаб жаваб гьабуна Мухӏамадкамилица:\n— Техника хӏалтӏулеб гьечӏо солярка ва хӏалтӏу-\nхъабазе кьезе гӏарац гьечӏолъиялда бан. Амма гьал къоязда нухлуе гӏарац биччазе рагӏи кьун буго цо-цо чагӏаз, гьебмехалда хӏалтӏуде тӏадруссине руго.\n— Чан километр бугеб нухлул халалъи, кигӏанасеб хӏалтӏи гьабураб?\n— Чӏикӏасан Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде буго 31 километр, амма гьебгицин къокъ гьабизе ракӏалда буго цо-цо свералабиги жанир цӏезарун. Палхӏасил, нухлул халалъи букӏине буго 28,5 километр. Гьаниб хӏалтӏулеб техникаялъул къадар бахуна 15-ялде. Гьелда хӏалтӏулезе къоялъе кьола 1500 гъуруш ва лъабго ригьалъ квен.\n— Бицен буго цебе заманалдаго Бузнасан гӏодоб-лъиялде нух букӏанин…\n— Битӏараб буго, Бузнасан нух букӏун буго анкьумумузул заманалдаго. Авар, Гӏанди, Къарал гӏоразул жаниблъиялда ругезе, ай тӏолалго магӏарулазе нухда мегӏер бахине ккечӏого гӏатӏиракьалде бугеб нух букӏана гьеб. ХӀX гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда пачаясул хӏукуматалъ байбихьана гьеб сухъмахъ гӏатӏид гьабизе. Гьенир кьвагьизе кколел согӏал кьураби рихьидал, нух гьаби рехун тун буго. 1957 соналда ДРялъул нухмалъиялъул пикру буссинабун букӏана гьеб нухде, амма, захӏмалъиялъухъги тӏад унел харжазухъги балагьун, нух бахъичӏого тезе хӏукму гьабуна.\n— Туннелалдасан нухги букӏаго, кинаб хӏажалъи букӏараб Бузнасан нух бахъизе. Сунца гьесизавурав гьеб ишалде?\n— Туннелалдасан унаго нилъеда ратула гӏемерал эхедераял, свералаби. Хасго хасало, цӏорораб заманалда цӏерчӏвала гьениб. Гьелъул гӏаксалда, Бузнасан рукӏине гьечӏо киналгӏаги эхедераял ва свералаби. Ралъдал гьумералдасаги гьеб гӏицӏго 350 метралъ гурого борхатаб гьечӏо. Туннелалдасан риччаларо чӏахӏиял юк баччулел машинаби. Бузнасан хьвадизе гьезие квалквал букӏине гьечӏо. Гьелде тӏадеги, туннелалдасан нух бокьараб заманалда къазе бегьула, тӏабигӏиял лъугьа-бахъинал сабаблъун. Гьединлъидал, кӏиабилеб, ай цоги нух хӏисабалда букӏанигицин гьечӏищ гьалдаса пайда. Араб гӏасруялъул 90-абилел соназул ахиралда хасало Гӏашилтӏасан Болъихъе унелъул цӏер къараб нухдасан ине бажаруларого кӏинусгоялдасаги цӏикӏкӏун машина букӏана кӏиябго рахъалда чӏун хутӏун, я цебе, я нахъе ине рес гьечӏого. Гьеб нухда вукӏарав дир пикру буссана Генусан Чӏиркъатӏе гӏорккун нух гьабиялде. Тӏамуна таваккал ва квекӏенал ккун халатбахъаниги, нух гьабун лъугӏана. Гьеб лъугӏун хадуб хӏукму гьабуна Бузнасан нух бахъизеги. Цоги, тӏоцебе, 1977 соналда туннель бахъулеб бакӏалде нухал гьарулев, ай «Чӏикӏаб ГЭСстроялда» хӏалтӏулев вукӏана дун. Доб мехалдаго дица абулеб букӏана, туннель бахъичӏого, Бузнасан нух гьабейилан. Гьенисан нух бахъиялъул магӏишатиябгун экономикияб пайдаялъул, учузго чӏолеблъиялъул ва хехго бахъун бажарулеблъиялъул мухӏканго цӏех-рехги гьабун, суал лъун букӏана. Амма дир пикру гӏадахъ босичӏо. Хӏисаб гьабе, туннель бахъулаго кигӏан заман араб, кигӏан харж гьабураб?\nГъизилюрт, Хасавюрт мухъаздаса магӏарухъе рачӏунезе нух къокълъулеб буго 27 километралъ, Гӏахъуша, Лаваша, Лак районазде Гъизляралдаса рачӏунезе — 106-110 километралъ, Махӏачхъалаялдасан рачӏунезе — лъабго километралъ. Чӏикӏаб гӏадаб кӏудияб росдаца пайда босулеб буго ГЭСалъул хӏорихъа мотораз кьабгӏун бачӏунеб лъедаса. Бузнасан нух бахъун хадуб, чӏикӏасезе рес ккезе буго, нухлул хьибилалдасан рогӏралги лъун, ахакьезул, ишкартисезул, хъерендерил ракьалдасан бачӏунеб мугӏрул лъарал лъим росулъе бачине. Мехелалда жаниб, гьоркьохъеб хӏисабалда, туннелалдасан унеб буго щуазарго машина, гӏидалъул къоялъ — 150 азарго. Бузнасан нух рагьун хадуб, гьелъ тӏаса босила туннелалдасан хьвадулеб букӏараб автотранспорталъул тӏадецуй, хӏалкъай. Рехсезе ккола транспорталъул харжалги, нухлулазул нухда унеб заман дагьлъиги, хӏинкъи гьечӏеб нух букӏинги.\n— Авар гӏоралда тӏад кьо кида лъезе бугеб? Дур хӏисабалда, нух гьабун рагӏалде бахъин халалъиладай?\n— Хӏадурараб маххул кьо кьуна Гӏалиев Нурмухӏамадица. Ракӏалда буго, кватӏичӏого кьо лъезе. Гьайгьай, нух гьабун рагӏалде бахъин бараб буго халкъалъул рахъалдасан гьабулеб гӏарцулаб кумекалда. Бузнасан нухлул бугеб кӏвар бичӏчӏарал, нухде кьураб садакъаялъул даражаялъул кӏодолъи лъалезул рахӏмуялъулаб кумек гьоркьоб къотӏулеб гьечӏо.\n— Жакъа къоялде кигӏанасеб гӏарац гьелда тӏад харж гьабураб ва кигӏан жеги хӏажалъулеб?\n— Жакъа къоялде харж гьабуна 50 миллионалде гӏагарун гъуруш. Хӏукуматалъул роценазда рекъон борцани, гьарурал хӏалтӏабазухъ унеб букӏана 400-500 миллион гъурущ. Халкъалъ бакӏарун кьолеб гӏарац исрап гьабичӏого букӏиналъул мурадалда, дицаго\nгьарула проекталъулалгун сметаялъулал документал ва проектировщикасул, планировщикасул, инженерасул, мастерасул, прорабасул, геодезистасул, участкаялъул начальникасул, механикасул хӏалтӏаби. Нух рагӏалде бахъизе, дир хӏисабалда, хӏажалъизе буго жеги 100 миллион гъуруш.\n— Дуцаго кигӏан мухь босулеб?\n— Цо капекцин босуларо, гьелъул гӏаксалда, дица гьарула нухда саламатал харжал. Хьул буго, квегӏенаб нух лъугӏун хадуб, разилъарал нухлулазул баркалаги Аллагьасул кириги щвеялде. Тӏадегӏанасе гӏоло абун, ниятги гьабун, тӏаде босараб буго дица нух бахъиялъул хӏалтӏи.\n— Бузнасан нух гьабун лъугӏидал, гьеб Махӏачхъалаялдехунги цолъизабизе ракӏалда бугин дудайин бицана. Кисан гьеб тахшагьаралде бачӏине бугеб?\n— Чӏикӏасан Буйнакскиялдехун инчӏого, квегӏисахун сверун Хъумторхъалаялдасан, маххул нухда аскӏосан гьеб бачӏине буго Тюбеялде, ай федералияб Ростов-Баку шагьранухде. Гьеб букӏина 20-22 километр халалъиялъул цӏанбитӏараб нух.\nХӏурматиял магӏарулал, аби буго, мажгиталъул гамачӏ нухлуе хӏалтӏизабизе бегьулин, нухлул гамачӏ мажгиталъе хӏалтӏизабуни, хӏакъ букӏунин. Гьедигӏан кири кӏудияб иш ккола нухазул хӏалтӏи ва нух гьабиялъе кьолеб гӏарац. Цо пуланав дибирас абуна, нух бахъизе кьураб гӏарац бугила кассаялда лъураб гӏарац гӏадаб нахърател, кассаялда лъураб гӏарцуде тӏаде процентал рачӏунила, нухлул хӏалтӏабазе кьураб гӏарцул баракаталъ, бусурбанчиясе абадиялъ тӏаде бачӏунеб кири букӏунилан. Бузнасан бахъулеб нухдасан тӏаде-хариялъго магӏарухъе хьвадизе щвей бараб буго гьенибе нилъеца гьабулеб садакъаялда. Гӏарац бакӏариялъул ва гьеб сбербанкалъул счеталде битӏиялъул иш тӏаде ккола росабазул ва районазул имамазде, гьединго бутӏрузде. Гьез жидерго вагӏзабазулъ ва кӏалъаязулъ бицине ккола магӏарулазе гьеб нухлул.\nНабиюла Мухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, нух бахъиялъулъ кинабгӏаги гӏахьаллъи гьечӏо республикаялъул ялъуни пачалихъалъул. Гьеб буго гӏицӏго гӏадатиял гӏадамазул кумекалдалъун ва жигаралдалъун бахъулеб нух. «Тӏоцебе гьаб нух гьабизе байбихьулеб, гьалъие кьучӏ лъолеб заманалда нижер букӏана анлъго-анкьго чиясдасан гӏуцӏараб къокъа. Гьабсагӏаталда нух бахъиялъул тӏалаб гьабулев ва гьелда хадуб гьоркьоса къотӏичӏого халкколев чи вуго Мухӏамадкамил. Гьесие кумекалъе эхетун, бажарараб гьабулеб буго дицаги. Ракӏалде ккола хадубккунги нилъер гӏадамаз гьанибе гьабулеб садакъа-хайрат гьоркьоб къотӏизе теларин. Рагӏалде бахъинабизе кӏвани, гьаб нухлуе кьола федералияб статус. Щайгурелъул гьанисан 18 районалде машинаби хьвадизе руго. Гьединлъидал нухда хъил пачалихъалъ тӏела»,- ян бицана Набиюлаца.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "2594-1847-sonalda-kavkazal-ul-rag-de-vitiana-mashgurav-giurus-khirurg-nikolaj-ivanovich-pirogov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2594-1847-sonalda-kavkazal-ul-rag-de-vitiana-mashgurav-giurus-khirurg-nikolaj-ivanovich-pirogov", "title": "1847 соналда Кавказалъул рагъде витӏана машгьурав гӏурус хирург Николай Иванович Пирогов", "date": "2018-08-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул тарихалдаса\nДагъистаналъул халкъияб медицинаялъул букӏана сахгьариялъул кӏиго батӏияб къагӏида: дугӏаялдалъун, сабабал хъваялдалъун ва цогидал къагӏидабаздалъун унтарасе кумек гьабулел «тохтур»-дибирзабиги; даруял хурдул яги гьезул гьарурал дараби хӏалтӏизарулел «местӏерал-хӏакималги». Местӏерзабазда лъалароан медицинаялъул теория ва сахгьарун бажарулароан жанисел лугбазул унтаби, амма гьезул лъикӏаб махщел букӏана рекарал, рорчӏарал рукьби дандеккезаризеги хонжрол яги гуллил ругънал сахлъизаризеги.\nДагъистаналъул хирургия\nДагъистаналъул тарихалъул цӏех-рех гьабурал гӏурус гӏалимзабаз тӏадегӏанаб къимат кьолеб буго халкъияб хирургиялъе. Н. Дубровиница хъвалеб буго: «Дагъистаналъул хирургазул — местӏерзабазул махщалица хӏикмалъизарула — гьечӏо цониги ругъун, гьайгьай, хвалил ругъун хутӏизегӏан, мугӏрузул медиказ сахлъизабичӏеб ва унтарасе хадубккунги лазатбахъи гьабураб. Гьезул даруялдаса хадуб кинабгӏаги сакъатлъи хутӏуларо. Батӏалъи гьечӏо кинаб лъагӏалил заман гьеб батаниги — цӏа-кан бахунаро, гьава-бакъ хисунилан, цӏунуларо ругъун.\nДагъистаналъул хирургаз ракьа тӏубанго нахъе къотӏулаан (ампутация) гӏицӏго сукӏел бугеб бакӏалдасан… Гьединал операциялги гьа-рулаан гӏадатияб хонжроца, хехго, дагьабго гурони унти лъаларедухъ, ва гьелдаса хадубги ругънал лазатбахъиги букӏунароан унтарасе. Дагъистаналда ккечӏо, ракьа нахъе къотӏанин абун, чи хвеялъул цониги лъугьа-бахъин, хасго операция гьабулаго», — ян.\nХӀX гӏасруялъул 40-абилел соназда Дагъис-таналъул гӏемерисел районазде щварав гӏалимчи А. Неверовскияс хъвалеб буго: «Хурдузул кумекалдалъун магӏарухъ цӏакъ лъикӏ сахлъизарула къватӏисел лугбазул киналго унтаби, хасго носол яги кьвагьулеб яргъидаса ккарал ругънал. Шамхаласул ракьазде гъорлъе кколеб Эрпели росулъа цо чиясул гьелъие букӏана тӏадегӏанаб махщел. Гьесухъе ритӏун рачӏунаан магӏарухъаги унтарал. Гьесул гьунаралъул хӏакъалъулъ гӏурусазда рагӏараб мехалда, гьесухъе ругьун гьавизе витӏана кӏиго фельдшер. Гьез абулаан, гьесул малъа-хъваяздаса жидеда гӏемераб жо лъанин», — ан.\nБакӏалъул тохтурзабазул лъикӏаб гьунар букӏана би къатӏинабиялъе. Гьез ругънада тӏаде балаан дагьабго цӏам ва тӏасан катан къалаан, «къотӏараб бакӏалда тӏад къалаан чӏурхӏараб квас, аслияб къагӏидаялда, гӏиял; гьелъ хъанхъраялдаса хехго къатӏинабула би.\nБатӏи-батӏиял унтаби мугӏрузул местӏерзабаз сахгьарулаан, биги биччан. Гьеб биччалаан гӏемерисеб мехалда унтулеб бакӏалдасанго». «Квешаб» би цӏцӏузе гӏемер хӏалтӏизарулаан горенжалги. Гьел риччалаан лъел цӏа-рагӏалъуре ва гьенибе бегьулаан квер, хӏетӏе яги чорхол цогидаб унтараб лага. Гьеб лъелъ толаан, биги цӏцӏун, горенжал жалго ратӏалъизегӏан.\nДагъистаналъул тохтурзабазда гьоркьов машгьуравлъун рикӏкӏунаан чанго местӏер. Хунзахъа Нурмухӏамад (?-1832) – гьесул букӏана жиндирго лаборатория. Гьенир батӏи-батӏиял хӏалбихьиял гьарулаан гьес. Гьес дагъистаниязул мацӏазде руссинаруна бакъбаккул авторазул медицинаялъул тӏахьалги.\nМохӏоса Дамадан (хвана 1708 соналда), востоковед И. Крачковскиясул пикруялда рекъон, вукӏана энциклопедияб лъаялъул гӏалимчи, «гӏараб мацӏалда ругелщинал гӏелмаби кодосев». Дагъистаналъул гӏалимчи Мухӏамад-Саид Саидовас гьесда абулеб буго Дагъистаналъул математикаялъулги, астрономиялъулги ва медицинаялъулги гӏелмабазе кьучӏ лъурав гӏалимчиян. Дамаданица кӏудияб лъалкӏ тана медицинаялда. Гьесда лъалаан гӏараб медицина, хасго ХӏI-ХӏII гӏасрабазул гӏалимзаби Абу-л Къасим аз-Заргьавилги, Ибн-ал-Байшарилги ва цогидазулги хӏалтӏаби. Гьес хӏадурана дарабазул цӏаразулги, хурдузул гьел гьарулел къагӏидабазулги, органикиял гурел жалазулги чӏагоял организмазулги хӏакъалъулъ къокъаб справочник. Гьеб справочникалда цӏар лъуна «Дамадан» абун ва гьеб таржама гьабун букӏана Дагъистаналъул цогидал мацӏаздеги. Гӏемерал соназ гьелдаса пайда босана бакӏалъул медиказ. Гьелъул цо-цо тӏанчал цӏунун хутӏун руго жакъаги.\nМедицина лъикӏ лъалаан Шамгъодаса Рапигӏ-Хӏажидаги (1863-1932), гьесда абулаан «гӏелмудул ралъадилан». Гьесул монография рикӏкӏуна Дагъистаналъул медицинаялъул гӏелмуялда лъалкӏ тараблъун. Гьеб хъван буго гӏемерсонилаб хӏалбихьиялъул кьучӏалда.\nШамилил Имаматалда медицина\nМагӏарул пачалихъ – Имамат гӏуцӏарав ва гьелъие нухмалъи гьабурав Шамил-имамас (1834-1859) къадру гьабулаан халкъияб медицинаялъулги тохтурасул гьунаралъулги. Халкъалъул сахлъиялъул тӏалаб гьабулаго, гьес гьукъана хъалиян бухӏизеги гьекъел гьекъезеги. Къогониги ругъун рагъулъ щварав гьев (хвалчадул, носол, гуллил) гӏемер ине кколаан мес-тӏерзабазухъе. Кавказалъул рагъги лъугӏун, Калугаялда гӏумру гьабулев имамасе гьесул пристав А. Руновскияс гьадинаб суал кьуна: «Ругищ магӏарухъ лъикӏав тохтурин абизе бегьулел гӏадамал? Гьез кин сахгьарулел унтарал? Гьез хӏалтӏизабулеб чӏара-хьараб къагӏида бугищ?», — ан.\nМагӏарул тохтурзабаз ругънал сахлъизарулел дарабазда гьоркьор тӏоцебесеб иргаялда имамас рехсана местӏер Гӏабдул-Гӏазизица (Шамилил вакьад) жиндир ругънаде бараб дару: 1832 соналда Генуб росдада гӏагарлъухъ пачаясул аскариязулгун ккараб рагъулъ имамасул керен борлъун букӏана тункӏил хечалъ (цадахъго борлъун букӏана гьесул гьуэрги). Ругънае хӏалтӏизабураб дару букӏана хӏеги, гӏакдал нахги, пицӏги жубараб мазь. Гьанибго абизе ккола, Кӏудияб Ватӏанияб рагъда лъукъаразул ругънал сахгьаризе мазь ургъарав А. Вишневскийги Дагъистаналда гьавуна.\nШамилица бицухъе, мугӏрузул цогидал дарабазда гъорлъе журазарулаан батӏи-батӏиял, гӏицӏго тохтурзабазда гурони лъаларел хурдул. Шамилил вас Мухӏамад-Шапигӏица А. Руновскиясда бицана ревматизмалдаса сахлъизарулеб гӏажаибаб мазалъул хӏакъалъулъ.\nИмаматалда къадруял тохтурзабилъун рикӏкӏунаан багвалазул Кванлъадаса Мухӏама, Кудалиса Хӏусен-Мухӏама, Чӏохъа Битӏулав, Къородаса Къебед-Хӏажияв, Арчиса Мухӏамад-Бег, Гъуниса Гӏали-Дибир. Магӏарулал хьвадулаан гӏурус тохтурзабазухъеги. Масала, 1849 соналда Шамилица наиб Ибрагьимие ихтияр кьуна вас гӏурус тохтурасухъе витӏизе.\n1858 соналда, Россиялдаса тӏадвуссарав имамасул кӏудияв вас Жамалудин захӏматго унтараб мехалда (гьесул туберкулез букӏана – магӏарухъ гьединаб унти жеги лъалароан), Шамилица чапар витӏана пачаясул хъаладухъа машгьурав тохтур С.И. Пиотровскиясда хадув, аманатлъун гьенив тана лъабго муридги. Тохтур вачӏана унтарасухъе, амма, унтуца «кьалбал риччан» рукӏиналда бан, имамасул вас хвасар гьавун бажаричӏо.\nТохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировас рехсолел руго некӏсиял тохтурзабаз хӏалтӏизарулел рукӏарал гьадинал къагӏидаби: «Магӏарул медиказ гӏемер хӏалтӏизарулел рукӏана халкъиял къагӏидаби: цӏикӏкӏараб белок гъорлъ бугеб диета; гъутӏбузул макъар (тӏанхал, пихъ, хурдул) гьалараб лъим; унтараб бакӏалда цӏорораб жо чӏвай, рукӏкӏбузул терапия (рукӏкӏби гьарулаан пицӏихӏараб цӏулал); унтараб бакӏ цӏаялъ чӏурхӏизаби; би биччай, хӏарщуца яги лъеца унти бахъизаби; биологияб рахъалъ жигарал тӏанкӏазда тӏад гӏарцул ва пахьул кепкал\nчӏвай; сахлъизарулеб тимар ва рахӏат гьаби. Хасал дугӏабазулги, сабабазулгун гьайкаразулги букӏана психотерапияб кӏвар».\nМугӏрузул тохтурзабаз ругънада жаниб лъолаан, нахги жубан гьарурал дарабазулъги ччун, биччизабураб катан; гьитӏинаб лълъарал кесек лъолаан ругънал кӏалтӏа, гьенисан чороклъи къватӏибе чвахизе. Гӏодобиччан лъухьулаго, цӏа-цӏан ккезабулаан борчӏарабги бекарабги логода; биххараб логода крахмалалъулъ ччураб катнида тӏасан къалаан буртина; аскӏор ругел рищалабазе зарал ккеларедухъ, унтараб ракьа щулаго чӏоледухъ бухьунаан, цӏулал тӏилазда гьоркьобе ккезабун. Гьединаб катаналда абулаан абассиназул рухьен – гьелъ рес кьолаан жагъаллъараб рищи бигьагьабун хӏалтӏизабизе.\nГӏалимазухъеги къадиязухъеги хъварал кагътазда Шамилица тӏалаб гьабулеб букӏана магӏарулаз васазе суннат заманалда гьабиялдаги гӏусал чуриялдаги хадуб халкквеян.\nМагӏарухъ рагьулел рукӏана сахлъицӏуниялъул стационаралги. Хьиндахъги, Хӏотӏочӏибги, Кӏаратӏаги госпиталазе кьун рукӏана хасал минаби. Цо-цо бакӏазда мажгитаздаго гьабулаан медицинаялъул кумек захӏматго лъукъарал рагъухъабазе. Амма магӏарухъ машгьурлъичӏо больницаби, гьединлъидал тохтурасул кумек гьабулаан унтарасул рокъобго.\nКавказалъул халкъазул медицина гӏелмияб медицинаялъулго даражаялде бахараб букӏанин абулаан профессор Л. Оганесяница: «Гьез гьабулаан «трепанация черепа» абураб операцияцин…», — ан хъвалеб буго гьес. Гьел рагӏаби ритӏухъ гьарула гьадинаб лъугьа-бахъиналъ. 1854 соналда магӏарулазухъе асирлъуде ккана Кавказалъул 10-абилеб мухъилаб батальоналъул поручик Сухумов. Захӏматго унтарав гьесие, магӏарул тохтурзабаз операция гьабун буго, ай ботӏрол ракьа борлъун буго (трепанация черепа). Доб заманалда Европаялъул тохтурзабазцин цӏакъ къанагӏатго гурони\nгьабулароан гьединаб операция. Гьеб гьабизе ккани, инсанасул ботӏрол гӏадалнахалъул анатомия гъваридго лъазе ккола.\nИмаматалъул Тӏадегӏанаб пачалихъияб советалъул данделъабазда (диванханаялда) гӏемер бицунаан унтарал ва лъукъарал сахгьа-риялъул хӏакъалъулъ, масала, вабаъалъулги, къавудаялъулги, цӏадул унтиялъулги. Кавказалъул рагъул заманалда гьел эпидемиял чанцӏулго тӏиритӏана магӏарухъ. Гӏалимзабазухъе хъварал кагътазулъ Шамилица малъулеб букӏана цӏалдохъабазе диналъул кьучӏазда цадахъго медицинаялъулги дарсал кьеян, щайгурелъул «гьелъул кӏудияб пайда букӏине буго гӏицӏго гьезие гуребги, тӏолабго Дагъистаналъеги». Масала, мухӏканго чӏезабун буго, Дилим росдал мадрасаялда диниял гӏелмабазда цадахъ медицинаги малъулеб букӏараблъи. Дагъистаналъул гӏалимзабазда лъикӏ лъалаан бакъбаккул улкабазул медицинаялъул литератураги. Гьезда гьоркьоб машгьурлъун букӏана Ибн Синал (Авиценна) «Тохтурасул гӏелмуялъул къанун» абураб кибго тӏибитӏараб хӏалтӏи. Гьеб буссинабун букӏана Дагъистаналъул мацӏаздеги.\nШамилил бечедаб библиотекаялда рукӏана диниял гурелги, медицинаялъулги, философиялъулги, тарихалъулги тӏахьалги. Къуватав тушманасде данде къеркьолев вукӏаниги, имамасул жанисеб политикаялда кӏудияб бутӏа кколаан лъайкьеялъги, гӏелмуялъги, сахлъицӏуниялъги.\nНиколай Пирогов Дагъистаналда\n1847 соналда Кавказалъул рагъде витӏана машгьурав гӏурус хирург Николай Иванович Пирогов. Салтӏа росу сверун кколеб заманалда, гьес, стационарияб госпиталь гьечӏониги, пайдаяб къагӏидаялъ хӏалтӏизабулаан эфиралъул наркозги, рекарал рукьби цо хӏалалда чӏезаризе крахмалалъулаб катанкъайги ва ругъназда йод бахинги.\nЧанги нухалда, Шамилил гьариялда рекъон, гьел «гӏалхулазухъе» хьвадугеян командованиялъ лъазабун букӏаниги, Н. Пирогов гьезухъе вачӏунаан ва сахгьарулаан магӏарулал. Роман Фатуевасул «Салтӏа росу сверункквей» абураб тӏехьалда бицунеб буго, наиб Махулавас инкар гьабунин наркозалдасаян, гьеб «шайтӏабазул» бугинги абун. Н. Пироговас бахӏарчияв магӏаруласул бох къотӏанин, кинабгӏаги наркозги кьечӏого. Операция гьабулаго, кодоб букӏараб хирургасул хъухъадиро бекана… Сахлъун хадув, живго чӏваялъул хӏинкъиялъухъги балагьичӏого, кӏиго рекӏаравгун цадахъ Махулав вачӏана Темир-Хан-Шураве ва жив сахлъизавуралъухъ, Пироговасе сайгъат гьабуна Кавказалдаго машгьураб Амузгиялъул чармил гьабураб ракьа къотӏулеб хасаб хъухъадиро. Гьеб хъу-хъадиро гьабсагӏаталдаги буго Николай Пироговасул ватӏаналда, Винницаялъул музеялда.\nПироговасул санитараллъунги, авлахъалда фельдшераллъунги ва ассистенталлъунги рукӏана Дагъистаналъул местӏерзаби. Гьезда гьес малъулеб букӏана ругънал сахлъизарулел къагӏидаби. Гӏахъуша районалда хирургасул кумекчилъун вукӏана Бутри росулъа Муртазагӏали-Хӏажи. Хадубккун гьев гӏурус тохтурасда цадахъ Россиялде ана. Гьел кӏиялго рукӏана сверун ккураб Севастополалда 1853-1856 соназда Крымалъул рагъда. Гьениб дагъис-таниясда гӏурус медсестрабаз абулеб букӏун буго «кӏудияб тӏагъурилан» — гьесда тӏад лъураб бухари-тӏагъурги бихьун. Кумекчигун ватӏалъулеб мехалда, Николай Пироговас гьесие сайгъат гьабула хирургасул алатазул гъутухъ. Хадубккун бутрисесул гӏагарлъиялъ гьеб кьуна Дагъистаналъул гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялде, гьениб цӏунун буго гьеб жакъаги.\nДагъистаналъул машгьурав местӏер, Кудалиса Мухӏамадие Н. Пироговас сайгъат гьабуна медицинаялъул алатазул таргьа. Кудалисес гьеб гӏемерал соназ хӏалтӏизабуна ва ирсилазухъе кьуна. Гьелги рукӏана халкъиял тохтурзабилъун. Гьабсагӏаталда Пироговасул медицинаялъул алатал лъун руго Кудали росдал гьоркьохъеб школалъул музеялда.\nН. Пироговас кӏудияб къимат кьуна дагъис-танияз ругъназе гьабулеб дару-сабабалъе. Гьев гӏажаиблъизавуна магӏарулаз ботӏрое гьарулел операциязги, кӏващул къва-\nчӏинисаги ургьисалазулъаги ганчӏал инариялъул къагӏидабазги, ботӏрол ругъналги рекарал рукьбиги сахгьаризе бугеб махщалицаги. Гьес абулеб букӏана бакӏалъул местӏерзабазул кӏудияб хӏалбихьи бугин гуллил ругънал сахгьариялъе, къватӏисел ругъназе дару гьаби Кавказалъул къавмазе щун бугин умумухъанго ва гьеб бугин инсухъа васасухъе кьолеб гьунарилан. Хирургасул баяназда рекъон, цогидал бакӏазда тохтурзабаз лага нахъе къотӏулеб заманалда, нилъер местӏерзабазухъа гьеб сахлъизабун бажарулеб букӏун буго.\nГьес битӏараблъун рикӏкӏунаан, ругъналги бекараб бакӏги сахлъизарулеб заманалда унтарав кьижизавиги гьесие рокъобго хъулухъ гьабиги.\nГьединлъидал Дагъистаналъул тахша-гьаралда Николай Пироговасул цӏар кьураб къватӏги машгьурав гӏурус хирургасул,\nхъвадарухъанасул, гӏалимчиясул памятник букӏинги, нижер пикруялда, ритӏухълъи цӏуни ккола.\nХӏажи Мурад Доногъо"}
{"slug": "2595-rasul-khiamzatov-gavuraldasa-95-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2595-rasul-khiamzatov-gavuraldasa-95-son", "title": "Расул Хӏамзатов гьавуралдаса — 95 сон", "date": "2018-08-28 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Цӏадастаналде сапар\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда…\nСапаразде руссун руго дир сонал.\nСверулев вуго дун гьаб дунялалда.\nАмма кив кканиги, кидаго даим\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда.\nРугъун щвараб керен кколебщинахъе-\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда,\nГьеб цӏа сун хадуса свине вуго дун,\nДир сапар лъугӏила, кучӏдул къотӏила…\nРасул Хӏамзатов\nШагӏирасул рекӏел даимаб ахӏи\nАмма свинчӏо гьеб. Дагьабги гьелегьана шагӏирасул инсул гъасда цӏа. Жакъаги сапаразда вуго халкъияв шагӏир. Гьелъие нугӏлъи гьабула санайил гьесухъе гьоболлъухъ щолел хъахӏал къункърабаз.\nШагьаралдаса магӏарухъе унелъул, дун цо лахӏзаталъ лъалхъана жиндирго цӏар кьураб къотӏноб шагӏирасе бараб памятникалда цее. Бокьула дие гьение щвезе ва хвелгьечӏел асаразе чӏаголъи кьурав шагӏиргун гаргадизе. Гьаб нухалда шагӏирас бицунеб букӏана вижараб росдалги, росулъ бугеб инсул минаялъулги, гьениб гъанситохъ бакун тараб цӏадулги:\nЦӏорорал мугӏрузде вахунев вуго —\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда.\nРалъдал полопалъухъ балагьун вуго —\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда\nНакӏкӏал, хьухьал хъвалхьун, воржунев вуго —\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда.\nЩибаб магӏил горо гиранщинахъе —\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда…\nДирги ракӏцӏана Цӏадабе, шагӏирасул асараз тӏоцебесеб роржен гьабураб Цӏадастаналде.\nШагӏирасул гьаракь рагӏулеб буго\nДир гӏагараб Тӏануси росдал рагӏалдасан бихьула жиндего тӏаде бегараб кьурул ахалъуда рещтӏун бугеб Цӏада росу. Нижер росаби цолъизарун руго мугӏрул сухъмахъаз. Ва борхалъудасан сухъмахъазде галаби тӏамулагоги, рагӏулеб бугин ккола инсул гъасда бакараб цӏадухъ даим урхъарав шагӏирасул гьаракь:\nРугъун щвараб керен кколебщинахъе —\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда…\nЖакъа къацандана, къварилъахъдана-\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда…\nГӏедегӏулей йиго гьеб цӏадухъе, цӏидасанги шагӏирасул асараз хинлъизайиялде хьулгун.\nСухъмахънухалккун уней йиго шагӏирасе шагьарлъун хутӏараб гьитӏинабго Цӏада росулъе. Гьале Расулил Цӏадастан. Гьанже гурел гьанже тӏаде рортун рачӏинин ккарал росдада тӏад цурал гьадал кьурабалъан чанги хархадун ватила гьитӏинав Расул. Гьел кьурабазул тӏогьив гӏодовги чӏун, чанги хӏикмалъун ватила гьев, хунздерил тӏалъиялъул берцинлъи бихьун. Гьеле гьеб мехалда рещтӏунеб букӏун батила гӏолохъанав шагӏирасул пикрабазулъе шавкъги. Щиб лъалеб, гьенисан, дунялалда рагӏиледухъ ахӏун батила гьес цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан.\nЛъабго памятник\nРосу бакьулъ буго лъабго памятник — цояб инсуе, Цӏадаса Хӏамзатие, кӏигояб — вацал Расулиеги Хӏажиясеги. Гьитӏинабго росдал лъабго кӏудияб цӏар, цӏва, тӏадегӏанлъи, борхалъи, чӏухӏи.\nГьале Расулил лъимерлъи жаниб араб мина. Гьелда берчӏвайдал, черхго цӏунцӏрахинабуна. Гьале гьаб минаялъул кавудахъан лъуна шагӏирас дунялалъул адабияталде тӏоцересел галаби. Гьаниб инсул гъасда бакараб цӏадуца цӏумазул борхалъуда лъуна гьев. Гьеб цӏагун цадахъ ана гьев сапаразде, гьебгун вуссана сапараздаса. Гьеб цӏадухъ гӏодовги кӏусун, гьикъана гьес гӏагараб ватӏаналда:\n— Бице, эбел Ватӏан, бице, Дагъистан,\nМустахӏикъав вугищ дун дур цӏаралъе, — йилан.\nГьаб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ гурищ Расулица ахӏараб:\nЯги:\n— Киналго лъаразул бусаби гьанир-\nГьекъела, ганчӏазда наку чӏван, иццал,\nБитӏахъе ботӏрода тӏад цӏваби гьанир-\nЦӏавуцӏун квер бегье, кквезецин щвела…,\nГьанир дур гъуждузда цӏумал рещтӏуна,\nДуца чагъана хъван, чундул кьурдула…\nГьанир хӏелхӏедула гӏицӏго хӏанчӏазе,\nХӏилла гьабуларо чундузегицин…,- илан.\nГьаниб бижана шагӏирасул тӏоцебесеб кечӏ\nГьале минаялъул тӏоцебесеб тӏала. Гьале гьаниб бакараб цӏаялъ гвангъизарун ратула Расулил шигӏрабазул нухал. Гьеб цӏаялъ веэдана, гьелъ къвалакье вачана, гӏумруялъул бецӏал кьеразе кунчӏи кьуна, кунчӏарал цӏунана хӏилла-рекӏкӏалдаса.\nГьанже гьеб мина ккола Цӏадаса Хӏамзатилги Хӏамзатил Расулилги гӏумруялъул ва махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб музей-миналъун, адабияталъул рукълъун. Гьеб гӏуцӏаралдасаги исана тӏубана 45 сон. Гьелгощинал соназ чан батӏияв гьоболдай рещтӏарав гьеб минаялъув. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ дие бицана гӏемерал соназ музеялъул директорлъун хӏалтӏулей йигей, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан\nГӏайшат Патахӏовалъ. Гьединго Гӏайшат хӏалтӏулей йиго Гӏарани росдал гьоркьохъеб школалда учительлъунги. Дунги гьейги чанго соналъ цадахъ хӏалтӏана Тӏануси гьоркьохъеб школалда. Доб мехалдаго загьирлъун букӏана дие гьелъулъ бугеб махщел — гӏенеккаразул ракӏ тӏадецӏаледухъ лъалаан гьелда хабар бицине. Абуларищха физикал лирикал ругилан. Гӏайшатида рекӏехъе лъала цохӏо Расулил гурелги кучӏдул. Гьелдасан лъана дида шагӏирасул хӏакъалъулъ цӏияб хабарги. Лъаларо, хӏурматиял цӏалдолел, нужеда рагӏун букӏарабищали, амма дида тӏоцебе гьале гьанже Гӏайшатидаса рагӏулеб буго гьаб:\n— Хӏамзатил минаялъул кӏиабилеб тӏала балел рукӏун руго Кӏахъ росулъа Гӏабдусаламил лъимал. Живго Гӏабдусаламица бан буго Цӏада росулъ мажгитги. Гьезда сверун лъугьун вукӏарав щуго сон барав Расулица абун руго гьал рагӏаби:\n— Гӏабдусаламил лъимал,\nЛъай бугел устарзаби,\nДун гьавураб сон хъвараб\nХъарщи хвезе гьабуге, — йилан.\nГьеб къо ккола Расулил кечӏ бижараб къоги. Гьеб букӏана халатаб нухлул байбихьи. 90 соналъ бижараб гьеб кочӏол каналъ кунчӏараб магӏарул адабияталда жанибги жиндирго улка рагьана шагӏирас. Гьеб цӏа жакъаги бакахъе буго Расулил лъимерлъиялъул лъалкӏазул цӏураб музеялда.\nГьале музеялъул кӏиабилеб тӏала. Ункъабго бокӏнилъан гьалбадерихъ ралагьун ругел эменги васги. Ва гьезул пагьмуялъе бутӏрул къулулел цӏалдолел. Музеялъул ва гьелъул директор Гӏайшатил хӏакъалъулъ гьенире рачӏараз хъвараб цӏалидал, рохелги пашманлъиги цадахъ гьулчун рачӏунел рукӏана рекӏелъа къватӏире.\nМузеялъулгун къолъикӏ гьабулеб буго\nДун нухарегӏулей йикӏанин кколеб букӏана Хӏамзатил Расулил хӏайранал сариназ:\n— Дун вачӏунеб мехалъ кьурул свераби\nКьурун руссинадай, диде мугъ рехун?\nАмма кьурабаз бутӏрул къулана кӏудияв шагӏирасда цере, жидер хӏакъалъулъ дунялалъего бицаралъухъ. Тӏануси росу рагӏалде щведал, дун цӏидасанги нахъюссана… Ва дие цӏидасанги асар гьабуна дунялалъул адабияталъе Расул сайгъат гьавураб, тӏад цураб кьуруялъ жиндирго кваркьидакье бачун цӏунун бугеб, шагӏирасул гӏумруялъул къунареб иццлъун хутӏараб, гьесул лъимерлъиялъ рокьул мугьру чӏвараб, гьалбал хирияб мина…\nБице, эбел Ватӏан, бице, Дагъистан,\nДилъ эбелалъ лъураб ракӏ хутӏун бугищ?\nХирияб магӏарул гӏамал-хасият,\nНухда бортичӏого, дилъ батарабищ?…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2642-uchitelzabazul-avgustal-ulab-soveshchanie", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2642-uchitelzabazul-avgustal-ulab-soveshchanie", "title": "Учительзабазул августалъулаб совещание", "date": "2018-08-31 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Санайил тӏобитӏулеб иргадулаб данделъиялда Махӏачхъалаялда Гьудуллъиялъул рокъор гӏахьаллъана республикаялъул киналго шагьаразулги районазулги учительзаби\nГьудуллъиялъул рукъалъул жанахӏалъуб рагьун букӏана Каспийск\nшагьаралъул С. Орджоникидзел цӏаралда бугеб инженернияб колледжалъул ва Дербент шагьаралъул халкъиял промыслабазул колледжа-лъул студентаз гьарурал тӏагӏелазул выставка. Гьединго выставкаялда рукӏана «100 школа» абураб проекталъул ва бесдал лъималазде кьолеб бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ бицунел стендалги.\nДанделъи рагьана Дагъистан Республикаялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновас. Гьенив гьединго гӏахьаллъана РФялъул Просвещениялъул министерствоялъул вакилги.\nРеспубликаялъул Министразул кабинеталъул нухмалъулес абуна, тӏоцебесеб иргаялда, кӏваркьезе бокьун бугила жеги аттестат щвечӏел цӏалдохъабаздейилан.\n«Нилъеца ургъел гьабизе ккола гьезул хадусеб къисматалъулги. Кӏиабилеб иргаялда, олимпиадаялда гӏахьаллъулел ва гьенир цересел бакӏал кколел цӏалдохъабазул къадар цӏикӏкӏинабизе ккола. Масала, араб цӏалул соналда Дагъистаналдаса цӏалдохъаби гӏахьаллъана Тӏолгороссиялъул олимпиадабазда. Лъабгояв бергьана. Нилъер ресал руго цӏияб цӏалул соналда хӏасилал дагьалги цӏикӏкӏинаризе. Гьелъие тӏатинаризе ккола пагьму бугел лъимал, ва гьезулгун гьабулеб хӏалтӏи дагьабги камилгьабизе ккола», — ян абуна гьес.\nГьединго А. Здуновас бицана исана хӏалтӏизе биччараб «100 школа» абураб проекталъул хӏакъалъулъ.\nЦӏияб цӏалул соналде рагьулеб буго 15 школа. Гьелда гӏей гьабизе гьечӏо. Цӏиял школаз рес кьезе буго лъабго сменаялда хӏалтӏулел школал лъугӏизаризе.\nДанделъиялда бицана лъайкьей цебетӏезабиялъулъ интерактивиял\nтехнологиязул бугеб кӏваралъулги,\nшколалда цебесеб лъайкьей цебе-тӏезабиялъулги, гӏолилазе профессионалияб лъайкьеялъулги хӏакъалъулъ.\nРоссиялъул Просвещениялъул правовояб департаменталъул директор Светлана Нуждиналъ бицана «Лъайкьей» абураб миллияб проекталъул хӏакъалъулъ.\n— Проекталда кӏудияб кӏвар кьезе буго миллиял мацӏал малъиялде ва церетӏезариялде. Гьелъие гӏуцӏизе буго хасаб фонд. Кӏвар кьезе буго гьединго миллиял мацӏазда тӏахьал ри-ччаялдеги. Нужедеги, данделъиялъул гӏахьалчагӏазде, кӏудияб гьари буго — гӏахьаллъе, кумек гьабе гьеб проект гӏумруялде бахъинабизе. Жакъа жанахӏалъуб гӏуцӏараб выставкаялъухъги баркала. Гьелда гӏей гьабун чӏезеги бегьуларо. Пагьмуял лъимал тӏатинаризе хӏаракат бахъизе ккола. Нижецаги кумек гьабизе буго. Владимир Путиница цебелъун буго цӏакъго кӏвар бугеб масъала — 2024 соналде Россия ккезе ккола лъайкьеялъул бищун лъикӏал къагӏидаби ругеб 10 улкаялъул сияхӏалде гъорлъе. Рагӏалде бахъунеб буго Россиялъул электронияб школа цебетӏезабиялъул хӏалтӏиги. Учительзабазе рес ккезе буго Эрмитажалдаса дарсал кьезе, ай чӏагояб экскурсиялдаса пайда босизе. Дида лъала Дагъистаналдаса цӏалдохъабаз Тӏолгороссиялъул олимпиадабазда рихьизарурал тӏадегӏанал хӏасилазул хӏакъалъулъги. Масала, ингилис мацӏалъул олимпиадаялда Казаналда дунги йикӏана. Гьенир нужер лъималаз рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Гӏумруялдаса нахъе ккезе ихтияр гьечӏо учительзабазул, — ан абуна гьелъ.\nСовещаниялда гьединго кӏалъана ДРялъул бетӏерасул ва администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги.\nГьес баркала кьуна гӏемер соназ ралел рукӏарал школал ран рахъиналъе кумек гьабуразе — учительзабазе, волонтеразе, цӏалдохъабазул эбел-инсуе ва цогидалги гӏахьалчагӏазе.\nУчительзабазда баркана тӏаде щолеб бугеб лъаялъул къо Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельниковалъги. Гьелъ абуна Халкъияб Собраниялъул ахирисеб сессиялда республикаялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабунин учительзабазе харжал цӏикӏкӏинариялъул суалалда тӏад хӏалтӏизе.\nДагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, рес-публикаялъул лъайкьелъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ жиндирго кӏалъаялда тӏадчӏей гьабуна учительзабазда церечӏарал масъалабазде, кӏвар кьуна «Лъайкьей» абураб проект гӏумруялде бахъинабизе ккеялде.\n— Республика гӏахьаллъизе буго ичӏабго федералияб миллияб проекталда. Гьединго кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго «Будущие кадры для региона» абураб программа гӏумруялде бахъинабиялъе гӏоло. Гьединго хӏалтӏулел руго лъабго-анкьго сон барал киналго лъималазе ясли-ахазда бакӏал рукӏинариялда тӏадги. Ясли-ахал рагьизе гӏарцулаб кумек гьабулеб буго инвесторазги. Масала, Махӏачхъалаялда хӏадур гьабун буго «Билдинг-сад» абураб проект. Гьединго хӏалтӏаби гьарулел руго «100 школа» абураб проекталда рекъонги. Тӏадеялъул проекталде гъорлъе ккезе буго 117 школа.\nГИАялъул хӏасилаз бихьизабуна школазда гӏурус мацӏ кьеялъул иш лъикӏаб рахъалдехун хисулеб букӏинги.\n1685 цӏалдохъанасе щвана 80-ялдаса цӏикӏкӏарал баллал, микьгоясе щвана 100 балл.\nИсана цӏикӏкӏана 100 балл щваразул къадар: гӏурус мацӏалъе- микьго, химия — микьго, обществознаниялъе — лъабго цӏалдохъан. Экзаменал кьезе кӏвечӏел цӏалдохъабазул рес буго сентябралда цоги нухалда хӏалбихьизе, — ян абуна гьелъ.\nГьединго данделъиялда бицана цӏалул тӏахьазул, пагьму-гьунар бугел лъималазул, дарсал кьоле-лъул интерактивиял технологиял хӏалтӏизариялъул, учительзабазул аттестациялъул, «Гӏолохъанал профессионалал» абураб гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъги.\nКӏалъазе рахъана республикая-\nлъул шагьаразул ва районазул лъайкьеялъул цо-цо идарабазул вакилзабиги. Данделъиялда къабул гьабуна хасаб хӏукмуги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2643-uzun-khiazhil-imaratal-ul-giarats", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2643-uzun-khiazhil-imaratal-ul-giarats", "title": "Узун-Хӏажил имараталъул гӏарац", "date": "2018-08-31 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Кагътил гурелги, пахьул ва гӏарцул гъуршалги риччалел рукӏана имараталъул «гӏарцул азбаралда»\n1919 соналъул байбихьуда генерал Александр Деникинил нухмалъиялда гъоркь букӏараб Добровольцазул армиялъ Северияб Кавказалда гьарурал гьужумазул хӏасилалда тӏагӏинабуна Мугӏрузулаб Респуб-ликаги цогидал миллиял пачали-хъалги ва «Цогояб ва цоцадаса бикьи гьечӏеб Россия» абураб ахӏиялда гъоркь чӏезабуна жиндирго хӏукумат. Гьелъие жаваб хӏисабалда къватӏисан рачӏаразул нухмалъиялде данде къеркьезе рахъана бакӏалъул халкъал.\nКавказалъул имарат гӏуцӏи\n1919 соналъул байбихьуда Кавказалде рачӏарал деникинилазде данде къуркьи гьечӏеб рагъ гьабизе бугин лъазабурав Салтӏаса Узун-Хӏажил\nкъадру жеги цӏикӏкӏана дагъистанияздаги чачаназдаги гьоркьоб. Шайихас байбихьана Северияб Кавказалъул тӏолалго бусурбаби цолъизарулеб пачалихъ гӏуцӏиялъе нухал ралагьизе. Гьеб цӏияб пачалихъалъе, имараталъе бетӏерлъи гьабуна амир Узун-Хӏажи Хайир-Ханица. Гӏуцӏана батӏи-батӏиял министерстваби гъорлъ ругеб хӏукуматги. Премьер-министрлъунги, къватӏисел ишазулгун ралъдал, вакъпуялъулгун диниял, мулкалъулгун халкъияб лъайкьеялъул министерствабазул министрлъунги тӏамун вукӏана чачанав Дишниса Иналук; ханасул администрациялъул министрлъун (министр двора) – генерал-майор Каим-Хӏажи, кванил нигӏматазулги, дармилги ва промышленносталъулги министрлъун – Мухӏамад Хамхиев; ракьулги пачалихъияб мулкалъулги министрлъун – Билал Шамилов; рагъулав министрлъун – генерал-майор М. Истамулов; бухьеналъул, нухазулгун почалъул ва телеграфалъул министрлъун – Куси Байгириев; жанисел ишазул министрлъун – генерал-майор Хабала Бесланеев; финансазул министрлъун – Гӏабдула Гӏазим Гӏабдулаев.\nВеденоялда «Гӏарцул азбар»\n1918 соналъул ахиралдаго Узун Хӏажида ракӏалда букӏана Терская Республикаялда билълъанхъараб гӏарац хисизе. Амма, гьеб гӏарцул бакӏалда цӏияб биччазе ресги санагӏатги букӏинчӏого, гьес лъазабун букӏана, жиндие мутӏигӏал бакӏазда хӏалтӏизабизе бегьулин, жиндир «канцеляриялъул» мугьру тӏад чӏвараб Терская Республикаялъул гӏарац. Хадубккун гьес гьабуна жиндирго мугьру: тӏад бахъун букӏана бащдаб моцӏрол суратги лъабго хъахӏаб цӏваги. Гьеб мугьру тӏад чӏвалеб букӏана Терская Республикаялъул 10, 50 ва 100 гъуршазда тӏад.\nИмарат гӏуцӏараб мехалда, Узун Хӏажица хӏукму гьабуна цӏияб гӏарац биччазе. Имараталъул тахшагьар Веденоялда рагьана «гӏарцул азбар», гьенир кьабулел рукӏана кагътил гъуршал ва гьезда абулаан «кредиталъул билеталин». Гьел белтазул кӏудияб кӏвар буго тарихияб, финансазулаб ва художествияб рахъаз. Масала, 500 гъуршидаги 25 гъуршил цо тайпаялдаги тӏад бахъун буго ралъдахъан къватӏибе бахъунеб бакъул сурат. Гьеб букӏун батила имараталъул цебетӏеялде хьулалъул игӏланлъун. Хутӏарал билетазда тӏад бахъун буго Узун Хӏажил герб тӏад бугеб амирасул байрахъ.\nКиналго белтазда тӏад хъван буго гӏарац къватӏибе биччараб сон – 1919 ва гьижрияб къагӏидаялдаги – 1338. Гьезда тӏад хъван буго, гъуршида цадахъго, гӏараб къагӏидаялъ туманин абунги (цо тумен бащалъула 10 гъуршида). 500 гъуршил гьумералда буго цӏадирабазулги, тункӏилги, байрахъалъулги, тажалъулги композиция. Гьелда тӏасан гӏарабалъ хъван буго «Кавказалъул севералда ругел бусурбабазул амир Хӏажи Узун Хайир» абун. Гьелдаги гъоркь хъван буго «Финансазул управляющий Гӏабдал Гӏазим Гӏабдаллагь» абун. Гьелъул нахъисеб рахъалда буго гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «Гьадинал гӏаламатал басмаялда кьабизе гьукъун руго, хӏукуматалъул бетӏерасул изну гьечӏого. Хӏалтӏизабула Веденоялда басмаялда рахъулел цогидал гӏарцул гӏаламатазда цадахъ. Гьесул къуват цӏикӏкӏаги», — ян.\nЦогидал купюраздаги руго гьелдаго релълъарал хъвай-хъвагӏаял. Киналго гӏарцул гӏаламатазда гӏурусалъ хъван буго, балъго гӏарац басмаялда кьабиялъухъ законалда рекъонкколеб тамихӏ гьабулин абун. Руго, Россиялъул пачалихъияб казначействоялъул билетаздаго гӏадин, паранг мацӏалда гьарурал хъвай-хъвагӏаялги, амма гьезулъ руго гъалатӏал риччан. Масала, 500 гъуршил (50 туман) купюраялда “roubles” абураб хъвай-хъвагӏаялъул бакӏалда хъван буго “rubles” абун. Кагътил гӏарац биччазе хӏажатал полиграфиялъул сурсатал гьечӏолъиялда бан, Узун Хӏажил гӏарцул купюраби кьабун руго литографиялъул ганчӏида чӏинтӏараб басмаялдалъун. Полиграфиялъул рахъалъ щвалде щваралги гьечӏо гьел: релъеналъул кьерал данде кколаро, цогоял купюразда тӏад рахъарал тарихалъул ва хӏарпалъул роценал батӏи-батӏиял руго, цебе ккараб хӏалалда хъван руго гӏарцул сериялъул номералги.\nКупюрабиги монеталги\n500 гъуршил цо дагьабго къадар кьабун буго лъел ишараби ругеб хасаб кагътида. Гӏемерисеб гӏарацин абуни, бищун хашаб кагътил гьабураб букӏунаан, ратула цӏалдохъанасул мухъал ругеб тетрадалъул тӏанчазул гьарурал купюрабиги.\nКагътил гурелги, пахьул ва гӏарцул гъуршалги риччалел рукӏана имараталъул «гӏарцул азбаралда». Гьел рукӏана 2,5 тумен, щуго тумен ва 10 тумен. Гьелги гьарулаан гӏурус монеталда тӏад имараталъул гӏарцул багьа хъварал. Гӏемерисеб мехалда тӏад хъвараб тарихалда гъоркьан якъинго бихьулаан цебеккун букӏараб хъвай-хъвагӏайги.\nИмараталъул гӏарац гӏемер биччачӏо ва гьеб хӏалтӏана лъагӏелгӏан заманалъ Чачаналъулги Дагъистаналъулги мугӏрузулаб рахъалда. Кин бугониги, гьеб буго махщелчагӏазе кӏвар бугеб иш.\nХӏажимурад Доногъо"}
{"slug": "2644-khiamzatil-rasul-gavuraldasa-95-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2644-khiamzatil-rasul-gavuraldasa-95-son", "title": "Хӏамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон", "date": "2018-08-31 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Расулилгун рукӏарал дандчӏваял\nГьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь\nДида ракӏалде кколааан шигӏручагӏаца хъван, цӏалун, бацӏцӏун, цӏидасан хъван, хӏадур гьабулеб батилин жидерго калам халкъалъухъе кьелелдеян. Лъаларо, гьедин гьабулелги рукӏунел ратила, амма Расулил гьединаб къагӏида гьечӏолъи, гьесие Аллагьасго кьураб пагьму, гьунар, махщел шигӏру-назмуялъе букӏиналда дир ракӏчӏана Расулилгун букӏараб тӏоцебесеб дандчӏваялдаса хадуб.\nГьел рукӏана дол рикӏкӏадал 60-абилел соназ Казбек района-лъул росдал магӏишаталъул начальник Мухӏамадов Гӏабдулгӏазизил бетӏерлъиялда гъоркь, управлениялъул бетӏерав зоотехник Мадаев Мухӏамадрасул, «Цӏияб гӏумру» колхозалъул председатель Сурхаев Къебедилав, Чкаловасул цӏаралда бугеб колхозалъул председатель дунги ун рукӏана Хунзахъе. Нижер сапара-лъул мурадги букӏана нижерго районалъул магӏишатазда гӏиял тайпа лъикӏ гьабизе гӏоло «Дагъистаналъул мугӏрузулаб» тайпаялъул хух боси. Гьел соназ гьединаб тайпадулаб гӏи гӏезабулеб идемстанция букӏана Хунзахъ. Хӏалтӏул къоялъул ахиралдехун Хунзахъе щварал ниж, гостиницая-лъул тӏалаб-агъазалда рукӏаго, тӏаде вачӏана гьел соназда Хунзахъ районалъул прокурорлъун вукӏарав Хӏажиев Загьид. Хъваш-баш гьабун бахъарабго, хъулухъ-къваригӏел цӏехечӏого, Загьидица нижеда абуна: «Метер хунздерица дида щиб абизе бугеб, нуж гостиницаялда сордо бан рукӏанин абуни», — ян. Хех машинаялде нижги рахинарун, жинда хадуб бацӏеян нижее амруги гьабун, Гӏабдулгӏазизги жиндирго машинаялде жаниве вахинавун, Загьидица машина цебехун бачана. Нижееги чара щиб, лъабго къо базегӏан, гьоболасул амруялъухъ гӏенеккизе кколелъул. Загьидил рокъоре щун, квана-гьекъолел рукӏаго, Загьидица абуна: «Нуж парахатго рукӏа, дун цо гьалбадерида дандчӏвай гьабизе ине кколев вуго. Гӏахьвахъ районалде ун букӏараб обкомалъул делегация нахъбуссунеб буго тӏоцевесев секретарь Гӏумахановасул бетӏерлъиялда гъоркь, гьелгун цадахъ Расул Хӏамзатовги вуго», – ян.\nГьел соназда Гӏахьвахъ районалъул цо росу бухӏун букӏана. Гьезде бачӏараб къварилъи загьир гьабизе ун букӏараб къагӏидаха обкомалъул делегация.\nГӏемер заманго иналде, вачӏана Загьид цадахъ Расулгун. Цогидал руссинчӏила, Расулица абунила, Хунзахъеги щун, инсул рукъалъе саламги кьечӏого, жив ине бегьуларилан бицана Загьидица нижее. Загьидица нижер щивасул цӏаралги хӏалтӏулеб бакӏги рехсон, лъай-хъвай гьабуна Расулилгун. Лъай-хъвай гьабун хадуб, нижер киназулго цӏаралдасан, Расулил пагьму-гьунаралъе рецц-бакъ гьабулаго, сахлъиги гӏумруги гьарулаго, Гӏабдулгӏазизица лълъарги борхун, Расулил сахлъиялдасан дагьа-дагьаб жо гьекъана.\nХадусеб иргаялда Загьидица абуна Расулидехун, гьалбадерил хӏурмат гьабун, цо-кӏиго рагӏи абун лъикӏ гурищилан.\nТӏаде вахъунаго, щибиндилаха гьазул хӏакъалъулъ абилебанги рехсолаго, Расулица байбихьана:\nКазбекалъул цӏумал,\nЦӏар арал васал,\nЦӏар-цӏар ккун абилищ\nНужейго тоста.\nБосе, Гӏабдулгӏазиз,\nВоре, Мухӏамад,\nГьекъе, Къебедилав,\nКъулчӏе вац, Расул, – абун.\nНиж риххун, Расулихъ ралагьун хутӏана 10-15 минут гурони инчӏел, цо нухалда Загьидица абун гурони нижер цӏарал рагӏичӏев Расулица, щивасул цӏарал рехсон, гьел рагӏаби абураб мехалда.\nГьеб бакӏалда дида ракӏалде ккана гьале доб Расулие Аллагьас кьураб пагьмуги, гьунарги, махщелги абун.\nКӏиабилеб дандчӏвай Расулилгун букӏана Дилималда. Гьел рукӏанин ккола дида 80-абилел сонал. Нижер районалда унеб букӏана Расулил хъвадарухъанлъиялъул сордо. Гьениб диеги рес щвана районалъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул цӏаралдасан Расулида баркиялъулал рагӏаби абизе.\nРасулил гьунаралъе, дихъаго бажарараб даражаялда къиматги кьолаго, бицана доб Хунзахъ букӏараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъги, рикӏкӏана Расулица нижер щивасул адресалда абурал рагӏабиги. Гьимун, рази-ракиго Расулги вукӏана. Гьелде тӏадеги, Анапаялда санаториялда вукӏаго, цо гӏурус миллаталъул гӏаданалъ Расулиеги гьесул гьуна-\nралъеги кьураб къиматалъул хӏакъалъулъ бицана дица гьениб.\nАнапаялда армиялда хъулухъ гьабулев вукӏарав васасухъе щвезе вилълъана дун цо къоялъ. Часта-лъул кӏалтӏа рукӏарал гъутӏбукь лъурал хьонбакӏабазул цоялда гӏодой чӏун йигоан цо гӏадан. Цевесан унаго, гьелъие саламги кьун, гьей гӏодой чӏараб хьонбакӏида гӏодовги чӏечӏого, цо гьоркьоб тун, лъабабилеб хьонбакӏида гӏодовчӏун заманго иналде, яхъун ячӏун, дой гӏадан дида аскӏой чӏана, ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб хабар:\n– Мун киса вачӏарав кколев?\n– Рикӏкӏада мугӏрул улкаялдаса, дица бицаниги, дуда гьеб лъаларо.\n– Бице, дун щибго лъаларей ва бичӏчӏуларей гӏадан гуро.\n– Дагъистан лъалищ дуда?\n– Узухъда, лъала! Кин дида Дагъис-тан лъалареб, гьениблъидал дир рокьи бугеб.\n– Балъголъи батичӏони, щив гьев кколев?\n– Гьев вуго Расул Хӏамзатов.\nЗалалъго релъи-хъуялда хъат чӏвана. Гьездаса лъикӏ Расулги велъанхъана. Хадуй гьей гӏаданалъ жиндирго удостоверение бихьизабуна. Гьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь.\nГьел киналго лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъги бицун, нахъеги Расулие рецц-бакъги гьабун, дирго кӏалъай дица лъугӏизабуна: «Расул лъикӏав вуго, лъидасаго тӏокӏавги вуго, амма Расулил «Дингир-Дангарчоялдаса», дие Цӏадаса Хӏамзатил «Гӏумруялъул дарсал» рокьулаха», — ян.\nГӏодов чӏараб трибунаялдаса тӏадеги вахъун, жиндирго каранзулъ зарги кьабун, Расулица абуна:\n– Мухӏамад, дунги Хӏамзатил тӏанчӏазул чи ккола, — ян.\nЗалго кодобе босараб релъи-хъуй, хъат кьаби гьабуна гӏодор чӏаразги. Гьанивги гӏажаиблъизавуна дунги гӏахьаллъаралги Расулил хехаб, бегӏераб, гӏужилаб жавабалъ.\nМухӏамад Мусаев\n2006"}
{"slug": "2645-gajbatab-giumruyal-ul-zavalalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2645-gajbatab-giumruyal-ul-zavalalda", "title": "Гьайбатаб гӏумруялъул завалалда", "date": "2018-08-31 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кунчӏараб къисматалъул гъанситохъ…\nМухӏамад Ибрагьимович Мухӏамадов. Лъикӏав гьалмагъ. Магӏарул мацӏалда тӏад хӏалтӏулев гӏалимчи. Жеги гӏемер лъикӏалги тӏокӏалги рагӏабазе мустахӏикъав вуго Мухӏамад. Исана гьев гьавуралдаса тӏубала 60 сон. Киналго курсцоязул рахъалдасан баркула Мухӏамадида гьайбатаб ва бацӏцӏадаб гӏумруялъул завал. Гьарула гьесие дагьалги тӏадегӏанал гӏелмиял рорха-лъаби мукӏур гьаризе жанги, жигарги, хъизамалъул гъасда бакараб цӏадуе гвангъиги, гвангъарал къасдазе рогьалил гьогьенги, гьуридал гӏедерлъиги, гӏумруялъул нухазда дандчӏвалел гӏазу-цӏерги бураналги секьизаризе къуват бугеб сабруги, сабруялда нур базабулеб гӏакълуги, гӏакълуялдаги тӏегь базабулеб гӏадлуги. Амма лъала гьеб кинабго эбелалъул рахьдада цадахъ гьесул бидулъ бессун бугеблъиги. Мухӏамадил хӏеренаб, гӏадан вичӏчӏулеб, гьесие кумекалъе кидаго хӏадураб, цогиясда, хӏатта жиндехунго рагьун яги балъго рокьукълъи загьир гьабулездагицин, унтулеб рагӏи абизе гьукъараб гӏамал-хасияталъ чанги квалквалги гьабулеб батила гьесие.\nБукӏаниги, Мухӏамад нижее, курсцоял гьалмагъзабазе, даим хутӏизе вуго гӏадатлъиялъулги, гӏаданлъиялъулги, тӏадегӏанлъиялъулги кӏудияб мисаллъун.\nРакӏалдещвеязул щенон балеб цӏад\nБокьун буго гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал цо лахӏзаталъ нахъехун регизе…\nДолдаса нахъе ана 35 сон, тӏоцебе Мухӏамадилгун лъай-хъвай ккаралдаса. Гьеб букӏана 1978 соналъул хасалил сессиялъул заман. Дунги Хунзахъа Нуцалайги, экзамен кьезе ине ирга щвезегӏан, кабинеталъул кӏалтӏа эхетун рукӏана. Гьеб параялъ нижеде аскӏове вачӏана цо студент ва магӏарул мацӏалда кӏалъана. Гьес бицана нижее живги филфакалда цӏалулев вукӏанила, гьале гьанжеги нижер курсалде вачӏанилан.\nДунги Нуцалайги цоцазухъ ралагьана, ва, гьев нахъе индал, цадахъ гӏадин абуна, гьав цо «двоечник» цощина ни-лъер группаялдецин вачӏинадайилан. Нижер тӏоцебесеб группаялда къоло щуго чиясда гьоркьов цониги вукӏинчӏо «3» къиматалда цӏалулев студент. Киналго рукӏана «отличникал» ва «хорошистал». Нижедайин абуни, ккун букӏана Мухӏамад, гъоркьги хутӏун вукӏун, цӏидасанги цӏализе восарав чийилан. Бихьулищха, гьес лъабго курс лъугӏизабун букӏун буго гӏицӏго «5» къиматалда. Цинги лъикӏаблъун бихьун буго армиялда хъулухъ гьаби. Гьес хъулухъ гьабуна Чехословакиялда. Ватӏаналда цебе тӏадаб налъиги тӏубан, Мухӏамад тӏадвуссана институталде. Гьесул хӏакъалъулъ нижерго рукӏарал тӏоцересел пикраби ракӏалдещведал, гьанжеги релъанхъула дунги Нуцалайги.\nЭкзаменазде хӏадурлъулагоги, Мухӏамадица цӏаларал гӏолаан тӏахьалги. Цинги, цо рокъореги данделъун, гьес бицунаан нижее нижехъа цӏаличӏого хутӏарал тӏахьазул хӏасил. Щиб захӏмалъи-квекӏен цӏалулъ кканиги, ниж гьесухъе унаан.\nЦинги — щуабилеб курс. Хунзахъ районалъул Гӏарани гьоркьохъеб школалда ахирисеб практика. Гьениреги цадахъ ккана ниж. Гьеб букӏана цӏакъго талихӏаб заман — гӏанчӏаб гӏолиллъиялъул карачелабалъ чвердолел нижгун сапаралда букӏана магӏарул кечӏ-бакъанги. Гьединго нижгун цадахъ рукӏана гьанже магӏарулазда кочӏохъан хӏисабалда лъалев Хьаргаби районалъул Кӏикӏуниса Мадани Ибрагьимов ва Сайхӏат Хӏажимухӏамадова, Бо-лъихъ районалдаса Агъларов Ахӏмад, Хунзахъ районалъул Бакьайчӏиса Гӏарапат Гьудова, Гъуниб районалъул Сугъралъа Патӏина Абакарова, Хунзахъа Нуцалайги. Хунзахъ тӏалъиялда бараб кӏиябго моцӏалъ (сентябрь-октябрь) нижер гьудуллъи дагьабги щула гьабуна. Ва гьеб тӏалъиялъул Цӏобокь чвахиялъул рагӏалда нижеца гьа бана гьудуллъиялъул ицц къине теларилан.\n35 соналъ, беролаго, дандчӏварал захӏмалъабиги гӏанлъулаго, чвахулеб буго нижер гьудуллъиялъул гӏащикъаб, гӏолохъанлъиялъул анищазул цӏураб, роцӏараб ицц. Гьелда хӏохьбазе рещтӏуна ниж, курсцоял, зама-заманалдасан.\nЩола ниж Мухӏамадихъеги. Гьалбадерида дандчӏвазе кидаго хӏадурай, хӏурулгӏиналъул хӏеренлъиялъул нур гьурмада бугей Аминатица Мухӏамадил гӏумруялъе кьун буго гӏажаибаб чвахи. Абизе кӏола гьеб чвахиялъулъ гьечӏин цониги хӏабургъараб лъел къатӏра. Гьесул гӏумруялъул нухазда махӏ берцинаб тӏегьлъун йижарай гьелъулги буго доб нижер гьудуллъиялъул ицц къун инчӏолъиялъул бутӏа. Мухӏамадил гьудул-гьалмагъзабазде Аминатил бугеб рокьул къатӏрабазги ахӏула гьеб иццухъе ниж. Гьединай гурони чӏужугӏадан гьесда хьолбохъ йикӏине ресги гьечӏо.\nДаимал сапаразда\nГьелги Мухӏамадие бигьа гьарулел ратила лъел цӏурал гӏертӏаллъун даим гьесул гӏумруялъул нухазда ругел вас Даниялицаги, яс Мариятицаги, лъади Аминатицаги.\nДида ккола Мухӏамадил бугин бухӏун щвараб бакъ гӏадаб, роцӏараб зоб гӏадаб, зодор цӏваби гӏадаб кунчӏараб къисматилан. Гъасда бакараб чирахълъунги, чирахъалъул гвангъараб канлъунги хъизамалъеги гьудулзабазеги вугев, сапараздегицин гьеб кунчӏигун вахъунев, гӏаданлъиялъулги гӏадат-лъиялъулги хулжал кидаго цӏовухъе рукӏунев, ракьалда унго-унгояв инсанлъун вукӏиналъул налъи тӏубанго тӏубарав Мухӏамадие гьаризе бокьун буго щулияб сахлъиги, сахаватлъиги, гьабулелъулъ икъбалги.\nЖиндиего зарал гӏемераб, гӏадамазе пайда цӏикӏкӏараб ритӏухъаб гӏамалалъ цӏунаги гьев зама-заманалдасан къисматалда хӏунчулеб заз-хъарахъалдаса.\nГӏелмиял свералабазда\n1984 сон. Лъугӏана институт. Гьале тӏаде щвана цоцазулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб заман. Гьенирго тезе барахщарал гогьлъиги гӏанчӏлъиги нижеца цадахъ росулел рукӏана. Ва жакъаги гьез хасаб бакӏ ккола дир «Ракӏалдещвеязул тӏехьалда».\nМухӏамадица институт лъугӏи-забуна багӏараб дипломалда. Гьенив цӏалулагоги, гьев гӏахьаллъулаан студентазул гӏелмиял конференциязда, цеве вахъунаан докладалгун. Гӏелмуялде Мухӏамадил бугеб цӏайиги, гьесул пагьмуги бихьана институталъул преподавательзабазда. Гьеб тӏатинабуна Мухӏума Чӏегӏерчиевасги. Гьес Мухӏамадил лъай-хъвай гьабуна РАНалъул ДНЦялъул ИИАЭялъул директор Хӏажи Хӏамзатовасулгун.\nБайбихьана Мухӏамадил гӏелмиял свералаби…\n1984-1988 соназда цӏалана институталъул аспирантураялда.\nКӏудияв лаборант. Гьитӏинав гӏелмияв хӏалтӏухъан. Кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъан. Аслияв гӏелмияв хӏалтӏухъан. Грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев.\n2005-2017 соназ хӏалтӏана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун.\nФилологиял гӏелмабазул доктор. Профессор. Дагъистан Республикаялъул гӏелмуялъул мустахӏикъав хӏаракатчи. 2012 соналда Мухӏамадие щвана ДРялъул президентасул грантги.\nМагӏарул мацӏалъул бицун, гьев гӏахьаллъана Голландиялда, Германиялда, Америкаялда, Испаниялда, Москваялда, Элистаялда, Грозныялда, Казаналда, Уфаялда ва цогидалги бакӏазда тӏоритӏарал гӏелмиял конференциязда.\nМухӏамадица хъвана 250-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏелмабазуул кандидатасул цӏаралъе диссертация цӏунана 12 чияс.\nМухӏамад ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. Гьес гӏемерал макъалаби хъвана магӏарул хъвадарухъабазул махщелчилъия-лъул хӏакъалъулъ.\n60 сон. Гьеб дагьищ яги гӏемерищ гӏалимчиясе? Лъаларо. Амма лъала, гӏагараб миллатги мацӏги цӏуниялъе гьес гӏемер пайдаяб хӏалтӏи гьабуна ва гьабулебги буго. Гьединго Мухӏамад хӏалтӏулев вуго жинцаго гӏелмуялде тӏоцересел галаби тӏамураб ва гӏагараблъун хутӏараб педуниверситеталдаги. Цӏидасанги байбихьулел руго гӏалимчиясул гӏелмиял свералаби…\nЛъимерлъиялъул лъалкӏал\nМухӏамад гӏуна гӏемер лъимал ругеб хъизамалда. Гьединазул букӏуна гӏажаибаб хаслъиги. Лъимерлъудасанго гьел ругьунлъула цогидазул тӏалаб гьабизеги, цоцазе кумекалъе ратизеги. Гьезие щвараб тарбиягицин батӏияб букӏуна. Гӏаданлъиялъул къатӏраби гьезулъ цӏикӏкӏунги ратула. Рикӏкӏада хутӏараб лъимерлъуда щвараб тарбиялъул гӏаламатлъун ккола Мухӏамадил чорхолъ бугеб унго-унгояв инсанасул гӏамал-хасият. Гьеб гурищ, ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас инсанасда тӏадкъалеб иш — гӏаданлъун вукӏин ва хутӏи. Гьеб борч Мухӏамадица тӏубана. Гьесул гӏумруялъул ругел лъимерлъиялъул лъалкӏазул кенчӏей даимаб батаги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2703-l-azabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2703-l-azabi", "title": "Лъазаби!", "date": "2018-09-04 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "? «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ магӏарулазда гьоркьоб тӏобитӏулеб буго Расул Хӏамзатовасул кучӏдузул къец.\n? Кучӏдул цӏалулел телефоназде рахъарал роликал ритӏизе бегьула гьаб номералда ватсапалде +79883012540.\n? Роликал ритӏизе бегьула 25 сентябралде щвезегӏан.\n? 27 абилеб сентябралда газеталъул телеобзоралдасан ва газеталдасан лъала нужеда бергьаразул цӏарал.\n? Нужее рекӏее гӏурал роликазе гьаркьал кьезе бегьула инстаграмалдасан.\n? Бергьаразе щвезе руго сайгъатал!"}
{"slug": "2782-shagarazul-k-vatial-shchaj-chorok-rugel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2782-shagarazul-k-vatial-shchaj-chorok-rugel", "title": "Шагьаразул къватӏал щай чорок ругел?", "date": "2018-09-11 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рацӏцӏалъи цӏунизе бокьани, нилъедаго хадуб балагьизе ккола\nТахшагьаралъул «унтилъун» лъугьараб рищни-къулалдаса къватӏал рацӏцӏалъулел гьечӏолъи бихьулеб буго шагьаралъул цояб рагӏалдаса цогидалде щвезегӏан дандчӏвалеб чороклъиялъ. Къватӏазда гуребги, шагьаралъул КОРалда (канал) жанибгицин бихьула рищни-къул.\nКОРалъул рагӏаллъабазда ран ругел минабазул канализациялъул рогӏрал кьвагьун къватӏибе кӏанцӏараб чорокаб лъимгицин букӏуна мех-мехалда гьенибе чвахулеб.\nНилъеца гӏумру гьабун бугеб шагьар чороклъиялъул гӏайиб лъидаха бугеб: рищни жанибе балел къалал битӏун лъезе лъалареб компаниялдайищ яги жидедаго хадуб рацӏцӏалъи гьабизе кӏвахӏалал гӏадамаздайищ?\nСанПиналъул хӏукмуялда рекъон\nНилъер улкаялда рацӏцӏалъи цӏуниялъе рихьизарурал низамазда рекъон (СанПин) кинаб къагӏидаялда къватӏазда рацӏцӏалъи цӏунизе кколебали ва кинал шартӏал гьелъие рукӏине кколелали киназдаго лъалеб гьечӏо. Нилъеда закон цӏунизе лъангутӏиялъ хӏетӏе чӏанщиналъубги чороклъи дандчӏвалеб буго. Халгьабилин СанПиналда рекъон шагьаралда рацӏцӏалъи кин цӏунизе кколебали ва кинал шартӏал шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие чӏезаризе кколелали.\nРацӏцӏалъи цӏуниялъул низамазда рекъон, гӏадамаз гӏумру гьабун ругел минабаздаса, лъималазул яги спорталъул майданаздаса 20 метралъ рикӏкӏад рукӏине ккола рищни балел къалал, амма 100 метралдаса рикӏкӏад лъезе бегьуларо. Гьеб низамин абуни шагьаралъул гӏемерисел бакӏазда цӏунун гьечӏин абизе бегьула. Цо-цо минабаздаги рищни-къулалъул къалаздаги гьоркьоб машина хьвадулеб нух гуреб гьоркьоб манзилго батуларо. Нагагь кколеб манзилги цӏунун лъун ратаницин, кьабун цӏурал рощнол къалазда аскӏоре къазецин кӏолеб хӏал букӏунаро, сверухъе бараб чороклъиялъул кутакалъ. Гӏемерисеб мехалда гӏемертӏалаял минабахъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазда гьоркьоб дагӏба ккола рищнидул къалал кир лъундай лъикӏилан абураб суалалда бан. Нагагь рищни жанибе балел къалал минабазда цӏакъго гӏагардегӏан лъун ратани, коммуналиял хъулухъазде гӏарз бахъизе бегьула. Гьез кӏвар гьабулеб гьечӏони, Роспотребнадзоралде гӏарз гьабила.\nГьединго, СанПиналда рекъон, щугоялдаса цӏикӏкӏун къали цого бакӏалда лъезе бегьуларо. Махӏачхъалаялъул цо-цо къватӏаздайин абуни микь-микь къалицин букӏуна лъун. Гьури бахъараб заманалда, тӏадагьабщинаб рищни минабазда сверухъе бакӏарула, гъутӏбиги кьер-кьерал къучӏбуз «къачӏала». Цо-цо бакӏазда рищни балел къалалцин рукӏунаро.\nСанПиналда рекъон, рищни бакӏаризецин чӏезабураб заман буго — радал анкьгоялдаса къаси сагӏат 11 тӏубазегӏан. Щайгурелъул гьеб босизе бачӏараб машинаялъул хъуялъ гӏадамазе кьижизе квалквал гьабизе бегьулелъул. Махӏачхъалаялдайин абуни гӏемертӏалаял минабазда гӏумру гьабун ругел радал щуго тӏубалелдего рорчӏизарула рищни-къул машинабазде балезул хъуялъ. Рощнол къалал щай хехго холел ругел абураб суалалалъе жавабги нилъее щвезе бегьула радалго машинаялде рищни балезул «жигар» бихьани.\nАхираб чанго соналда жаниб республикаялъул ва тахшагьаралъул нухмалъулел хисаниги, къватӏал рацӏцӏадго чӏезарун бажарулеб гьечӏо. Аслиял гурел къватӏаздаса рищни-къул анкьицаги бакӏаруларебги заман букӏуна. Щибаб къойил рищни бакӏарулел аслиял къватӏаздайин абуни, рощнол къалал къасиялде цӏун ратула анкьица бакӏаричӏеб гӏадин. Гьелъие гӏилла — шагьар кӏодолъулеб букӏин.\nСанПиналда рекъон, рощнол къалазда сверухъ метр яги метргун бащдаб бугеб къед базе ккола, сверухъ чӏезе ккола гӏурччинлъи. Амма гьединаб сурат къанагӏат гурони бихьуларо тахшагьаралда.\nГьоркьоб букӏине кколеб манзил\nМайданазда ва къватӏазда, хӏухьбахъиялъул ахазда, вокзалазда, аэропортазда, базаразда, транспорт чӏезабулел бакӏазда лъун рукӏине ккола кьищни балел гӏисинал къалал. Масала, 800 квадратияб метр гӏатӏилъи бугеб хӏухьбахъиялъул ах яги цогидаб бакӏ хӏисабалде босани, гӏисинал къалал лъун рукӏине ккола щибалда гьоркьоб 40 метрги тун, гьелдаса цӏикӏкӏун манзилалъ рикӏкӏад ратани, гӏарз бахъизе бегьула Роспотребнадзоралде. Транспорт чӏолеб бакӏалдаги чара гьечӏого лъун букӏине ккола рищни балеб гьитӏинаб къали. Цо-цо мехалда шагьаралдасан унаго нухлул рагӏалдасан гӏебеде, тукабазда цере лъун рихьула чӏорогоял ящикал. Рацӏцӏалъи цӏунизе бокьарал тукадул бетӏергьабаз маххул гӏисинал къалазул бакӏалда рищни жанибе базе лъола гьел.\nЦо-цо къватӏазда, гӏисиназул бакӏазда, лъун руго чӏахӏиял къалал. Риидал гьадингоги квешаб махӏ бахъарал рощнол къалазда аскӏор чӏезе кколел руго гӏадамал автобус яги цогидаб жамгӏияб транспорт бачӏинегӏан. Гьелде тӏадеги, гьениб аскӏосанго чвахулеб букӏине рес буго канализацияги къватӏибе кӏанцӏараб махӏцараб лъимги. Гьединаб сурат бихьизе бегьула Махӏачхъалаялда, масала, Хӏажиевасул къотӏносан унаго.\nГӏисинал къалал лъезе ккола гӏурччинлъи бугел бакӏаздаса 3-5 метралъ рикӏкӏад. Гьеб низамги нилъер гьаниб цӏунун гьечӏо. Гӏурччинлъи бугел бакӏазда аскӏор цун лъун рукӏуна гьел.\nГьединго, СанПиналда рекъон базаразда рацӏцӏалъи цӏуниялъеги гьенир рищни бакӏарулел гӏисинал ва чӏахӏиял къалал рукӏине ккола. Больницабазда сверухъин абуни гӏисинал маххул къалал рукӏине ккола щибаб анцӏ-анцӏ метралдасан.\nЦогидал улкабазда бугеб хӏал\nСингапур\nДунялалдаго рищни-къул батӏа гьабун къачӏалел заводал соналдаса соналде цӏикӏкӏунел руго. Цо-цо улкабаздайин абуни гӏодобе рехараб рищни-къулалъухъ гӏакӏа къотӏула. Масала, рищни-къул нухде рехаралъухъ дунялалда тӏад бищунго цӏикӏкӏун гӏакӏа къотӏулеб бакӏ ккола Сингапур. Гьеб ккола дунялалдаго бищунго бацӏцӏадаб улкаги. Гӏадамаз закон хвезабиларедухъ сундаго хадур халкколел видеокамераби гӏемер руго къватӏазда. Лъачӏогоцин гӏодобе рехараб кагътихъ Сингапуралда, нилъер гӏарцуде буссинабуни, 24000-48000 гъуруш гӏакӏа къотӏула. Гӏодобе реххараб батӏи-батӏияб рищниялъухъги батӏи-батӏияб гӏакӏа буго. Бищунго гӏаламатаблъун ккола сакъис чӏамиялъухъ гӏакӏа — гӏодобе рехизеяли щайгурин, гьеб я чӏамизе, я цӏунизе бегьуларо. Нагагь гӏодобе рищни-къул баялъул гӏадлу чанго нухалда хвезабулеб бугони, гӏакӏа кьун тӏубаларо, рес буго туснахъалъур тӏамизеги.\nЯпония\nГьединалго тамихӏал гьарула Япониялдаги. Рищни-къул жаниб букъизе ракь гьечӏелъул, Япониялда цебегоялдаса нахъе гьеб батӏа гьабун бакӏарулеб гӏадат буго. Япониялда гӏумру гьабун вугев щивав чиясда тӏадаб буго къватӏибе рехилалде цин рищни-къул батӏа гьабизе. Щибаб минаялъуб лъун рукӏуна рищни балел къалал: цоялъубе пластик, цогидалъубе кагъат, лъабабилелъубе кванил хутӏелал ва гь.ц. Пластикалъул шушби гӏисин гьарун ххенон, хадуб гьелъулго цӏиял шушби гьарула, хӏатта цо-цо ретӏел гьабизецин хӏалтӏизабулеб буго гьеб. Бухӏизе кколеб рищниялдасаги гьез пайда босула. Рищни бухӏун щвараб энергиялдаса ток гьабула, бухӏун хутӏараб рахъу, ралъдал рагӏалдеги бан, цӏияб «чӏинкӏиллъи» лъугьинабула. Ралъдал рагӏалде бараб рахъуялде тӏаде цӏияб ракьги бан гьениб гъветӏ-хер чӏола.\nНагагь рищни-къул бакӏариялъул гӏадлу-низам хвезабулев чи ккани, чороклъи нухде барав чиясде гӏакӏа къотӏула, нилъер гӏарцудалъун хӏисаб гьабуни, 5 миллион гъуршиде щвезегӏан, рес буго щуго соналъ туснахъалъув тӏамизеги.\nРищни-къулалъул зарал\nНилъеца хӏалтӏизабун хадуб нахъе рехараб рищни-къулалъ зарал гьабизе рес буго лъималазул лъималазе гуребги, хадуб бачӏунеб чанго гӏелалъецин. Анцӏ-анцӏ соназцин турулареб, турулебгӏан заманалъ заралиял жалги гьаваялде кьолел батӏи-батӏиял хутӏелаз зарал гьабулеб бугин тӏабигӏаталъеги гӏадамазегиян ахӏи балеб буго экологазги.\nМасала, боцӏул рак турула 10-15 къоялда жаниб, кванил хутӏелал – 30 къоялда жанир, газеталъул кагъат туризе хӏажалъула 1-4 моцӏ, гъутӏбузул тӏамхал, гӏаркьалаби – 3-4 моцӏ, офисалда хӏалтӏизабулеб кагъат – 2 сон.\nКонсервабазул маххул банкаби туризе хӏажалъула – 10 сон, хьитал -10 сон, кирпич яги хъил – 100 сон, машинабазул аккумуляторал – 100 сон, фольга – 100 сон, электрикиял батарейкаби – 110 сон, резиналъул гьакал – 120-140 сон, пластикалъул шушби – 180-200 сон, тутиядул банкаби – 500 сон, цӏер – 1000 сон, лъималазул подгузникал – 250-500 сон.\nБачӏунеб гӏелалъул сахлъи ва тӏабигӏат цӏуниялъул мурадалда цо-цо къватӏисел улкабазда гӏуцӏун руго рищни-къул батӏа гьабун, гьелъул цогидаб къайи гьабулел заводал. Гьединал заводал, дагьго ругониги, ран руго Россиялдаги.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "2783-khiamzatil-rasul-gavuraldasa-95-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2783-khiamzatil-rasul-gavuraldasa-95-son", "title": "Хӏамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон", "date": "2018-09-11 00:00:00", "categories": ["kultur"], "text": "Ракӏалдещола кӏудияв шагӏир\nГӏемераб заман инчӏо, гӏага-шагарго анцӏила щуго сон бана нилъедаса Расул ватӏалъаралдаса\nДагъистаниязул, россиялъулазул, тӏолабго дунялалъул гӏадамазул рекӏелъ кӏочонареб лъалкӏ тарав шагӏир, жибго къисматалъ хъван букӏун буго гьесие дунялалъул маданияталъул тарихалде, инсанияталъул художествияб культураялде жаниве ине.\nЖиндирго халатаб, гвангъараб ва хӏалуцараб гӏумруялъулъ Расул дандчӏвана, гьес гара-чӏвариял гьаруна, гьесул гьудуллъи ккана, хъвадарана нилъерги къватӏиселги улкабазул гӏемерал пачалихъиял, политикиял, культуриял ва адабиял хӏаракатчагӏигун, жамгӏиял гӏуцӏабазул ва миллиял гьунаралъулал къокъабазул вакилзабигун, батӏи-батӏиял ригьалъул ва гӏелалъул, махщелазул ва социалияб хӏалалъул, расабазул ва халкъазул вакилзабигун.\nКъисматалъ гӏемерав чиясе сайгъат гьабуна талихӏ кӏудияв шагӏирасул заманалда гӏумру гьабизе, гьесул гучаб ва хвел гьечӏеб гьунаргун лъай-хъвай гьабизе, гьебгун бухьеналда вукӏине. Нилъеца цӏалулел рукӏана гьесул такрарлъи гьечӏел шигӏриял асарал, гӏинтӏамулел рукӏана гьесул гвангъарал, хӏайран гьарулел церерахъиназухъ батӏи-батӏиял, гӏадатиял гурел бакӏазда: нилъер тахшагьаралдаги къватӏисел улкабазул тахшагьараздаги, бертадул столалда нахъаги, зигара балеб митингалдаги, хъвадарухъабазул съездаздаги, гьудулзабазул горсвериялдаги. Нилъерго гӏагарал ва цересел гӏадамазул бергьенлъабаздаса рохулел гӏадин, нилъ гьесдаса чӏухӏулаан, нилъ хӏайранал рукӏана гьесул гучаб пагьмуялдаса, дунялалъулабго реццги адаб-хӏурматги щвезабураб шигӏруялдаса.\nГьанже, нилъгун Расул гьечӏеб мехалъ, бачӏана заман гьесул гӏумруялдаги гьунаралдаги, ватӏанияб тарихалъулъги, Дагъистаналъул гӏемерал наслабазул, халкъазул къисматазулъги, миллияб ва дунялалъулаб художествияб культураялъулъги гьес кколеб бакӏалда тӏад гъваридго ургъизе, гьелъул хӏисаб гьабизе, гьелъие къимат кьезе.\nКӏвар бугеб бакӏ гьениб ккола ва кумек гьабула шагӏирасул заманалъул гӏадамазул ракӏалдещвеяз. Гьенир ругел хасал, амма кӏвар бугел баяназги, хӏужабазги, далилазги бечед гьабула Хӏамзатил Расулил гӏумруялъулги гьесул адабияб хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ лъалеб материал.\nЖеги шагӏир гӏумруялда вукӏаго, гьесул заманалъул гӏадамаз хъвалел ва басмаялда рахъулел рукӏана гьесул хӏакъалъулъ жидерго ракӏалдещвеял. Аслияб куцалда гьел рукӏана гӏелмиял ва юбилеял мажмугӏазда, тӏахьазда рахъарал макъалаби. Гьединаллъун ккола, масала: «Хӏамзатил Расулил хӏакъалъулъ рагӏи», «Хӏамзатил Расул – шагӏир ва ватӏанчи», «Хӏамзатил Расулил устарлъи», «Хӏамзатил Расул ва гьанже заманалъул адабияб процесс», «Хӏамзатил Расул дунялалъул художествияб культураялъул системаялда», «Росдал ва дунялалъул шагӏир» абурал асарал. Гьанжезаманалъул дунялалъулъ ва миллияб художествияб культураялъулъ шагӏирас кколеб бакӏалъул хӏакъалъулъ коллективиял пикрабазул хасият бугел гьел асаразулъ буго Расулил хӏакъалъулъ автораз жидерго ракӏалдещвеял загьир гьарурал материалал.\nБатӏияб тайпалъун ккола Хӏамзатил Расулил гӏумруялъеги адабияб хӏаракатчилъиялъеги сайгъат гьарурал улкаялъул литературоведазул монографиял тӏахьалги гӏелмиялгун цӏех-рехалъулал хӏалтӏабиги. Гьезулъ руго шагӏирасе сайгъат гьарурал авторасулал пикрабиги, къиматалги, хӏужабиги. Тӏоцебесеб иргаялда, гьел ккола гьадинал тӏахьал: В.Ф. Огнев «Поэзиялде жанибе сапар», «Хӏамзатил Расул», Л.Б. Антопольский «Поэзиялъул гъанситохъ», К.Д. Султанов «Хӏамзатил Расул. Хъвадарухъанлъиялъул очерк», С.М. Хӏайбуллаев «Хӏамзатил Расул: гӏумру ва хъвадарухъанлъи», К.И. Абуков «Хӏамзатил Расул: философияб лирикаялъул хаслъи», Ч.С. Юсупова «Хӏамзатил Расул кьватӏараб дунялалда».\nРакӏалде ккезе бегьула гьел, гӏицӏго гӏелмиял, гӏелмиялгун популяриял хӏалтӏабазулъ букӏине кколарилан шагӏирасул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеязе бакӏилан. Амма гьеб гьедин гьечӏо. Бицен гьабулел хӏалтӏабазул авторал, щивав батӏа-батӏа, рукӏана Расулие гӏагарал, хириял гӏадамал, гьел гӏемер дандчӏвалаан гьевгун. Бичӏчӏулеб жо буго, машгьурав рагӏул устарасул гӏумруялъеги гьунаралъеги бугеб гьединаб гьоркьоблъиялъ асар гьабичӏого толареблъи гьезул «ракъварал» гӏелмиял цӏех-рехазеги литературоведениял хӏалтӏабазеги.\nХӏамзатил Расулие сайгъат гьарурал гьесул заманалъул чагӏазул ракӏалдещвеязе къимат кьолаго, интересаблъун бихьулеб буго адабияб жанр хӏисабалда гьезул хӏакъалъулъ живго шагӏирасул пикру. Гӏумруялъул ахирал соназда кьурал жиндирго интервьюязул цоялда, гьесул пикру гьечӏодай къисматалъ гьев дандчӏвазавурал гӏемерал гьунар бугел, машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял хъвазеян абураб суалалъе Расулица кьуна гьадинаб жаваб: «Дида ракӏалдещоларо, щайгурелъул кӏочон толаро. Гьезул хӏакъалъулъин абуни бицине дир планалда гьечӏо: дица мемуарал хъваларо. Машгьурав турк хъвадарухъан, дир гьудул Гӏазиз Несиница абуна, гьесда мемуарал хъвайилан гьарараб мехалда: «Дица мемуарал хъвазе руго нижер президент гӏадин гӏадлъараб мехалда», – ян. Дица тӏаде жубалаан: «Ва нижер депутатал гӏадин пахрулъараб мехалда», – ян.\nБатӏи-батӏияб заманалда шагӏирасул хӏакъалъулъ жидерго ракӏалдещвеял тана батӏи-батӏиял наслабазул, улкабазул, халкъазул, махщелазул, жамгӏияб даражаялъул ва социалияб хӏалалъул вакилзабаз, жидер къисматалъулъ Хӏамзатил Расулица кӏочонареб лъалкӏ тарал. Амма гьенив гьев цевечӏола гӏумруялъулъ вукӏарав гӏадинав: жиндир улкаялъул ритӏухъав ватӏанчи ва патриот, кӏудияв миллияв шагӏир, машгьурав жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, ракӏбацӏцӏадав гьудул ва гьалмагъ, жиндир халкъалъул мустахӏикъав вакил.\nГьале, масала, кин ракӏалдещолев вугев Хӏамзатил Расул улкаялъул Президент Владимир Путинида: «Дир лъай-хъвай букӏана живго Расул Хӏамзатовгун. Тасдикъ гьабизе кӏола гьев вукӏанин цӏакъав чи, жиндаса Дагъистаналда гуребги, Россиялъул киналго халкъазги мисал босизе мустахӏикъав. Гьединлъидал кӏалъай гьечӏого, гьесие памятник лъезе ккола Москваялда. Гьев вукӏана жинда унго-унгоги россиялъулавилан, Россиялъул кӏудияв ватӏанчийилан абизе бегьулев инсан…».\nГӏадамасул хӏакъалъулъ бищунго хинал, бищунго рекӏелал ракӏалдещвеял тола, тӏоцебесеб иргаялда, гьесул гӏагарал чагӏаз, хъизамалъул вакилзабаз, рос-лъадиялъ, лъималаз. Шагӏирасул гӏумруялъул ритӏухъав, тӏей гьечӏев гьалмагълъун, гьудуллъун, пикруцоявлъун, лъадилъун ва лъималазул эбеллъун йикӏана Патӏимат — гьесул рокьи, гьесул хиялай. Расулица цӏакъ къимат гьабулаан гьелъул, гьей кутакалда хирияй йикӏана гьесие. Гьединабго гьоркьоблъи букӏана Патӏиматилги гьесдехун. Хвелалда цее «Молодежь Дагестана» газеталъе кьураб интервьюялда гьелъ росасдехун бугеб жиндирго гьоркьоблъи баян гьабуна гьадинал рагӏабаздалъун: «Тӏубараб гӏумруялъ дун гьесухъ ялагьулей йикӏана росасухъ киниги гурейги, дица жигар бахъулеб букӏана гьесие кумек гьабизе, гьесул пагьму гӏумруялде бахъинабизе, киданиги тӏалаб гьабичӏо гьесдаса рукӏа-рахъиналъул суалал тӏураялъулъ гӏахьаллъи гьабизе — гурони гӏемераб жо хутӏизе бегьулаан тӏубачӏого. Жакъа дица Аллагьасда гьарулеб буго гьесие сахлъи, сахлъи ва сахлъи кьейилан. Тӏокӏаб дие щибниги хӏажат гьечӏо. Бокьун буго гьесда Дагъистаналъул, гьелъул халкъалъул къалъарал къоял рихьизе. Гьев гӏемер вукӏуна пашман, ургъаликь, гьес дида гьикъула: «Нилъеени лъикӏ буго, Патӏимат, кидадай лъикӏ букӏина киналго нилъер гӏадамазе?» — ян.\nЖиндирго гьайбатал эбел-инсул хӏакъалъулъ гьезул яс Салихӏатица хъвалеб буго гьадин: «Эбел йикӏана цӏакъ унтун. Гьелъул букӏана онкология ва гьелъие хутӏун букӏана цӏакъ дагьаб заман гӏумру гьабизе. Эмен вукӏана чанго моцӏалъ гьелда аскӏов Москваялда. Ниж рачӏана больницаялде, ва гьелъ гьарана инсуда Махӏачхъалаялде айилан. Инсуца абуна жив хутӏилин, жинда кӏоларин гьей рехун тезе. Дир эбел йикӏана цӏакъ бахӏарчияй гӏадан ва, лъималазул гӏадин, кидаго тӏалаб гьабулаан инсул. Гьай ялагьана инсухъ ва абуна: «Расул, щиб дуда кӏолеб гьабизе? Кинаб кумек духъа бажарулеб гьабизе? Мун вукӏина Москваялда бугеб рокъов гӏодов чӏун, ва дуда къватӏиве вахъинецин кӏвезе гьечӏо гьава цӏазе», – ян.\nИнсул бадиса чвахана магӏу. Дир эбел-инсул квартира букӏана Тверская къватӏалда анкьабилеб тӏалаялда, ва, хӏакъикъаталдаги, паркинсонил унтигун инсуе захӏмат букӏана Тверскаялда хьвадизе. Эбелалъ рагӏи кьуна, дару гьабиялъул курс лъугӏарабго, ячӏине.\nГьей, хӏакъикъаталдаги, ячӏана, амма нижеда лъалаан гьей сахлъуларейлъи. Гьей кидаго, рокъое юссуней йигилан, ячӏунаан гьадин берцинай, исбагьияй, йохарай. Гьанжесалайин абуни рокъое ячӏана рухӏ лъугӏарай, носилкабазда. Виххарав инсуца лъиданиги бицунароан жиндирго хӏалалъул хӏакъалъулъ, амма гьей хун хадув гьесда кӏолароан гьезул рокъов жанив кьижизе, гьев цогидаб рокъовехун ана, гӏицӏго лъагӏалидасан нахъвуссана жинда аскӏоб гьесул кабинет букӏараб рокъове».\nХӏамзатил Расулил хӏакъалъулъ ругел ракӏалдещвеял ккола гьесул коллективияб портретлъун, гьезулъ загьир гьарун руго гьесул хӏурмат гьабулел, гьев вокьулев, гьев кӏодо гьавулел, гьесулгун гьудуллъиялъул ва гьоркьоблъиялъул цӏакъ къимат гьабулел, къисматалъ гьевгун дандчӏвазе хъваялдаса талихӏал гӏадамазул бищунго ракӏбацӏцӏадал, хинал ва хӏеренал асарал.\nХасаб рокьи букӏана кӏудияв шагӏирасул жиндирго магӏарул халкъалдехун. Жеги 22 сон бачӏев чияс гьес 1945 соналда хъвана жиндирго машгьураб «Магӏарулал» абураб кечӏ:\nРелъи-хъуй гьечӏого рохизе лъалел,\nМагӏу чваххичӏого гӏодизе лъалел,\nГӏишкъул рекӏараб цӏа цӏунизе лъалел,\nМагӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.\nБакӏал къваридалъур ракӏал гӏатӏидал,\nРукъ мискинлъаниги намус бечедал,\nТӏаде бачӏараб къо лъимлъун къулчӏулел,\nМагӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.\nЛъимадул гӏадинаб гӏадатияб ракӏ\nЧарамлъун къвакӏула, къел гьабун хадуб;\nКъваригӏаралъуб рухӏ «майилан» кьолел,\nМагӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.\nРикӏкӏен дагьлъаниги гьунар гӏемерал,\nГӏурда тӏегь бижизе чорхол би тӏолел,\nБожизе бегьила гьаб дир халкъалда, –\nМагӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.\nГьеб щуго ункъмухъалда жаниб гӏолохъанав Расулица рагьана магӏарулазул хаслъиги, тӏабигӏияб гӏамалги, гӏумруялъул философияги. Гьениб гьес загьир гьабун буго жиндир кӏудияб, гӏурхъи гьечӏеб рокьи гӏагараб халкъалдехун, гӏураб ракьалдехун. Ва гьеб рокьуе гьев ритӏухъавлъун хутӏана тӏолабго гӏумруялъ.\nАмма гьеб рокьи киданиги букӏинчӏо цорахъалъулаблъун. Нилъер халкъалъеги цӏакъ хирияв вукӏана кӏудияв шагӏир. Щивав магӏарулав талихӏавлъун вукӏунаан гьесул квер босизе щвеялдаса, гьесда аскӏов чӏун сурат бахъизе, гьесулгун гара-чӏвари гьабизе рес букӏиналдаса. Чанги гӏадатияв магӏарулас кочӏодалъунги, биценаздалъунги, ракӏалдещвеяздалъунги загьир гьабуна Расулидехун бугеб жиндирго рокьиги, гьесдаса чӏухӏиги, гьесдехун бугеб адаб-хӏурматги. Гьале, мисалалъе, Расулилгун тохлъукьего лъугьараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ Тӏукитӏаса Насухӏил Мухӏамадгъазил ракӏалдещвеялдаса гьитӏинабго эпизод. Гьениб цӏакъ гвангъун бихьизабун буго гьеб лъугьа-бахъиналъ гӏадатияв магӏаруласе гьабураб кӏудияб асаралъул сурат: «Гьеб букӏана 1966 соналъул кӏиабилеб январалъул къаси кватӏараб гӏуж. Ниж, ункъоял магӏарулал, батӏи-батӏиял бакӏаздаса къваригӏелаз Грозныялде щварал, данделъана маххул нухлул вокзалалъул рестораналда, Лъаратӏа районалдаса хъутаде вачӏарав колхозалъул председательги (цӏар ракӏалда гьечӏо), Грозныялда чӏарав Ансалтӏаса Хасбулатги, Дагъистаналъул Верховный Советалъул гӏаммаб отделалъул жавабияв Хан-Мухӏамад Камиловги, институталда цӏалулев Хасавюрт районалъул тӏукитӏасев дунги.\nЦоцазулгун лъай-хъваялги гьарун, гьанже тӏаде щун бугеб цӏияб сонги баркун, сахлъиялъул нусго граммал рорхулаго, залалдаса нижеде тӏаде ячӏана Хасбулатил чӏужу. Кӏудияб чӏаголъиялда, чӏваркьизарун бералгун, рохалил ахӏи-хӏуралда гьелъ абуна: «Гьадаве, вокзалалъул залалде вачӏун вуго нилъер Хӏамзатил Расул», – илан. Расулил цӏар рагӏарабго дун, цогидав дидаса цеве ккеларедухъ, щибго аскӏор ругездаги абичӏого, векерана залалде. Нуцӏихъе щваравго, дир берречӏчӏана, мугӏрузул бис гӏадин, гӏадамазда гьоркьов вахъун чӏун вугев, нилъер миллаталъул баракат, Дагъистаналъул рохел, СССРалъул чӏухӏи, дунялалъул шагӏир Цӏада росулъа магӏарул гӏакъиласул вас, къоабилеб гӏасруялъул чӏел босарав шагӏир Расул Хӏамзатовасда.\nГьесул квер босизе щун бугеб шавкъалъул ресалъ намусги, гӏаданлъиги, адабги букӏарав дун, кӏудияб багьадурасул гӏадаб бахӏарчилъиги чорхолъ бачӏун, векерун аскӏове ун, саламги кьун, квер бегьана Расулихъе.\nЗодисан рехарав гӏадин, ракӏалдаго гьечӏев чи цеве вахъун чӏун вихьарав кӏудияв шагӏирас, саламги буссинабун, дихъе кверги бегьулаго, абуна: «Вахӏ, гьал магӏарулал камураб бакӏго букӏунарогури», – ян».\nРасул хварал пашманал къоязда Дагъистаналда къватӏире рачӏарал газетазул цоялда бахъун букӏана «Лъидаса гьанже чӏухӏилел?» абураб цӏаралда гъоркь макъала. Бахъинабизе кӏолареб камиялъул кьогӏлъи къулчӏарал гӏемерисез кьолеб букӏана доб мехалда гьеб суал жидеего. Гьединаб хьулкъотӏараб къагӏидаялда гьеб суал лъей букӏана тӏабигӏияб, бичӏчӏулеб жолъун. Бащдаб гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалъ жиндир асараздалъунги адабияб гьунаралдалъунги гӏумру цӏезабун вукӏарав инсан дунялалдаса иналъ дагъистаниязулъ бижизабуна риххи, Дагъистаналда рещтӏинабуна гъваридаб чӏобоголъи.\nДол чӏегӏерал къоязда шагӏир Мухӏамад Гӏисаевас хъван рукӏана гьадинал рагӏаби, Расул камиялдалъун тӏолго халкъалъул рекӏел къварилъи жиделъ загьирлъарал:\nЖакъа дир кечӏ хъвазе квер унеб гьечӏо,\nКаранда багъулеб цо унти буго,\nГӏалам унеб буго, бачӏунеб буго,\nДун нухлул рагӏалда эхетун вуго.\nИхгицин бачӏуна цо чӏамучӏлъигун,\nЧӏалгӏун буго рии, бухӏараб гьаб бакъ,\nБугеб цо берцинлъи хаслихълъиялъул,\nХасалиде унеб тӏабигӏаталъул.\nРасул къаникьги лъун буго Дагъистан,\nБеразда гӏунараб магӏу бацӏцӏунеб.\nРехун толев гьечӏо ракӏалдещвеяз,\nДица къисматалъул къимат гьабичӏин.\nГьанже мун кӏочена, цевеса индал,\nДур цӏар цӏаруего балагьаразда.\n«Гӏумруялъул чашка» цадахъ борхидал,\nДица гьабилеб щиб, лъихъе дун инев?\nДир гӏунгутӏабазулъ тӏокӏлъи батарав,\nТеларо дицани мун гьечӏин абун.\nЖакъа дир кочӏоде квер унеб гьечӏо,\nКами бакӏаб буго, бичӏчӏила хадуб.\nАмма ана дагьа-макъабго заман, анцӏила щугоялдаса цӏикӏкӏунгӏанал сонал, ва нилъ разилъана кӏудияб камиялда, нилъеда гьоркьов чӏагояв Расул гьечӏолъиялда. Гьеб мехалда жибго гӏумруялъ кьуна жаваб, гьеб философияб «Лъидаса гьанже чӏухӏилел?» абураб суалалъе — Расулидаса, гьесул хвел гьечӏеб ирсалдаса ва гьунаралдаса, гьесул кӏудияб шигӏрияб рагӏудаса чӏухӏараллъун рукӏине ккола нилъ. Инсанасул тӏабигӏияб хвел кколаро ракӏалдещвеялъул, гьесул хӏакъалъулъ пикрабазул, гьесул ирсалъул хвеллъун. «Гьунаралъул хвелгьечӏолъи — гьеб ккола унго-унгоял пагьмуял ва хӏакъикъаталдаги кӏудиял гӏадамазул къисматлъун», — илан абуна академик Хӏамзатил Хӏажияс. Гьел рагӏабазе, тӏад калам гьечӏого, мустахӏикъав вуго Расулги. Щайгурелъул нилъер кӏудияв ватӏанцояв чӏаго вукӏагоги вихьулаан жиндирго асаразулъ, ва хун хадувги гьесие хъван батана гьезулъги гӏемерал гӏадамазул ракӏазулъги, гьезулгун гӏумруцадахъазул ракӏалдещвеязулъги вукӏине.\nАхӏмад Муртазагӏалиев"}
{"slug": "2784-rajonazdasa-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2784-rajonazdasa-kharbal", "title": "Районаздаса харбал", "date": "2018-09-11 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Сугъралъ росулъа анцӏго сон барав Хӏажи Багӏачевас хвасар гьавуна лъабго сон барав вас.\nРосулъ бугеб лъимал чвердолеб хӏориниве Мухӏамад вортулев вихьидал, Хӏажи виххичӏого ва хӏинкъичӏого лъелъе кӏанцӏана гьитӏич хвасар гьавизе. Хӏажи Багӏачевги, лъабго сон барав Мухӏамадги, гьесул кӏудияв вацги гурони доб къоялъ хӏорихъ рукӏинчӏо.\nВас лъелъа къватӏивеги вахъун, тӏоцебесеб медицинаялъулаб кумекги гьабун бажарун буго Хӏажихъа.\nЩуабилеб классалъул цӏалдохъан, живго гьитӏинав вукӏаниги, кӏудияб гьунар бихьизабурав Хӏажи Багӏачевасе Гъуниб районалъул администрациялъ хӏурматалъулаб грамота кьуна ва лъимадул гӏумру хвасар гьабуралъухъ баркалаги загьир гьабуна.\n***\nХьаргаби\nРайоналда бугеб 14 школалда байбихьана цӏалул сон. 2395 цӏалдохъанасда лъаялъул байрам баркизе районалде вачӏун вукӏана республикаялъул спорталъул министр Мухӏамад Мухӏамадовги. Районалъул бетӏер Рамазан Малачиловгун ва лъайкьеялъул управлениялъул начальник Гӏумар Къутӏбудиновгун цадахъ гьев щвана Хьаргаби росдал № 1 школалде. Гьениб бицана росабазул школазда гьабунин ремонт. Гьединго ремонт гьабуна цо-цо ясли-ахаздаги, масала, Хьаргаби росдал «Улыбка», Гӏаймаки росдал «Чебурашка», Кӏикӏуни росдал «Ромашка» ясли-ахазда.\nГӏ. Къутӏбудиновас бицана цо-цо школазул бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Хъвартихьуни ва Къудукь росабалъ школал цӏидасан разе кколеб хӏалалда руго. Гьединго капиталияб ремонт гьабизе ккараб хӏалалда руго районалъул цо-цо школал ва ясли-ахал.\nБуйнакск\nЧӏикӏаб росулъ рагьана батӏи-батӏияб даражаялъул лъайкьеялъул центр. Гьениб центр рагьиялъулаб тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельникова, Буйнакск районалъул бетӏер Камил Изиев, Буйнакскалъул педагогияб колледжалъул директор Бартихан Гӏумаров, районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулей Аида Залимханова, Сагӏид-Апандиясул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул теологияб институталъул директор Гӏабдула Ацаев.\nЛъайкьеялъулаб централъул директор Мухӏамад Бартихановас гьалбадерида цӏияб школа бихьизабуна, цӏияб цӏалул соналде гьабураб хӏадурлъиялъул ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана. Гьеб цӏалул идараялда цӏалулев вуго 950 цӏалдохъан. Гьанжеялдаса нахъе централда цебе хӏалтӏизе буго лъабго къокъа жанибе бачунеб школалде хӏадур гьарулеб бакӏги.\nРайоналъул бетӏер Камил Изиевас бицана исана республикаялда 5000 цӏалдохъанасе 15 цӏияб школа рагьанин.\nУнсоколо\nУнсоколо районалъул администрациялда районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь иргадулаб данделъи тӏобитӏана. Данделъиялда бицана районалда цӏияб цӏалул соналде гьабураб хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ. Унсоколо районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Лабазан Мухӏамадгӏалиевас бицана, районалъулго школазул 83 процент цӏалдохъабазе тӏахьал щванин, хутӏаразеги гьал гӏагарал къоязда тӏахьал кьезе ругин. Мухӏамадгӏалиевас бицана лъайкьеялъул идараби хасалиде хӏадурго рукӏиналъул хӏакъалъулъги.\nРайоналъул экономикияб отделалъул нухмалъулев Муслим Адуевас бицана сентябралде щвезегӏан ракӏарарал налогазул къадар 113 проценталде баханин.\n8-9 сентябралда Унсоколо районалда тӏобитӏизе буго Гъайирбег Гӏабдурахӏманов ракӏалдещвезавиялъул хӏурматалда шахматазул республикаялъулаб турнир. Микьабилеб сентябралда «Ахӏулгохӏда» тӏобитӏизе буго гӏалимзабазул мажлисги. Гьел тадбиразде хӏадурлъи ва гьеб гӏуцӏулезе кумек гьабизе кколел гӏадамазда цӏаралги чӏвана администрациялда тӏобитӏараб данделъиялда.\nГьенибго гьоркьоб лъуна Унсоколо росдал «Ромашка» ясли-ах цӏияб минаялде гочинабизе ккеялъул суалги. Жавабиял хӏалтӏухъабазда тӏадкъана хӏажатал документал ракӏаризе ва кӏиго анкьида жаниб цӏияб мина хӏажатабщиналдалъун хьезабизе."}
{"slug": "2787-bal-go-islam-tsiunaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2787-bal-go-islam-tsiunaral", "title": "Балъго ислам цӏунарал", "date": "2018-09-11 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Балъго ислам цӏунарал\nДоб мехалда дун вукӏана гьитӏинав чи, дида бичӏчӏулароан нижер хъизамалда жаниб лъугьунеб букӏараб жо, амма зама-заманалда бихьулеб букӏана, щибаб нухалда дун школалдаса тӏадвуссараб мехалда, эмен рахӏатхун лъугьунев ва гьурмалъ хисулев вукӏараб куц. Кидаго, дица гьесие дарс бицунеб ва Инжилалдаса лъазабураб жо цӏалараб мехалда, испан мацӏалдасан щварал лъикӏал къиматал рихьизарулаго, гьев пашманлъун лъугьунаан ва нижее аскӏорегӏанцин къазе гьукъун букӏараб жиндирго рокъове жаниве унаан. Дида лъалароан щиб гьес гьениб гьабулеб букӏарабали, амма гӏемерал сагӏтаздаса хадув къватӏиве вачӏунаан багӏарлъарал бералгун, живго хутӏараб хӏалалда халатккун ва ракӏунтун гӏодулев вукӏарав гӏадин. Гьев гӏемер валагьулаан дихъ пашманго ва ургъун, ва цо жо абизе бокьарав гӏадин, амма, дун гьесда цеве кӏваркьун вахъунчӏун вукӏаралъухъ балагьичӏого, гьесдаса цо жо рагӏизе бокьун гьев кьурун вуссунаан ва нахъе унаан. Дир эбелги, дун школалде тӏовитӏулаго, гӏодулаан ва къочун, гӏемераб мехалда дун виччалароан, ва тӏубараб къоялъ дир кӏаркьада букӏунаан гьелъул магӏил бухӏиялъул асар.\nДун рокъове вуссараб мехалъин абуни, гьелъ дида дандчӏвай гьабулаан, дун цо чанго сагӏаталъ гурев, чанго соналъ рокъов вукӏинчӏев гӏадин. Гьел гӏемер кӏалъалаан цоцазда дие чияраб мацӏалда ва, дун аскӏовегӏан вачӏаравго, гаргар гьоркьоб къотӏизе толаан. Дида бичӏчӏуларого букӏана гьезул хьвада-чӏвади, гьелде тӏадеги гӏазабалда жанив вукӏана, ургъалида вукӏана дун гьезул вас ватиларин, гьезул гьоркьоблъи бичӏчӏулеб букӏинчӏо ва, кӏудияб рокъоб жаниб цо бокӏонги батун, къваридго гӏодулаан.\nГьеб киналъго жиндирго асар гьабуна, ва дун цогидал дирго кьерилал гӏадин васандулароан, велъанхъулароан, ургъел гьечӏого, аваданго дирго заман тӏобитӏулароан. Дун дунго гӏодов чӏолаан ва пикрабалъе восулаан, дирго масъалаб тӏуразе нухал ратизе хӏаракат гьабулаго, монахазул цояс къвал ккун, цӏан, как базе ахӏизегӏан.\nАнцӏго сон дица бараб мехалда, нижер хъизамалда лъугьана рохалилаб лъугьа-бахъин, гьавуна дир гьитӏинав вац. Амма дида бихьичӏо дир инсул гьурмада рохел, гьев хӏатта гьимизецин гьимичӏо. Пашманго ана гьев килисаялде ва кашиш ахӏана лъимер хъанчизе (крестить). Гьурмада кӏудияб пашманлъиялъул ва къварилъиялъул лъалкӏгун нахъвуссун вачӏана гьев кашишгун цадахъ рокъове. Гьеб кинабго жоялъ ургъалилъе тӏамуна дун ва цӏикӏкӏинабуна дир унти.\nЩвана Пасхаялъул сордо. Гранада букӏана канлъул ралъдалъ тӏерхьун, Ал-Гамбара букӏана киналго кьеразулъ кенчӏелеб. Гьелъул хъубабазда тӏад гвангъун рукӏана хъанчал. Гӏадамал релъанхъилел, аваданго рукӏана. Гьеб сордоялъ инсуца ахӏана дун жиндирго рокъове жаниве. Дир ракӏ хӏалуцине лъугьана щиб букӏаниги гӏажаибаб жо бихьиялъухъ балагьун, ва дун сородулев вукӏана щиб букӏаниги хӏинкъараб жо бихьилилан. Гьес дун рокъове жаниве вачана ва лахӏчӏегӏераб бецӏлъиялда жаниб чирахъ бакине байбихьана. Инсуца гьитӏинаб чирахъ бакараб мехалда, дун сверухъ валагьана ва бихьана халичаги, хъарщазда тӏахьалги, къадалда далараб хвалченги тун, рокъоб жаниб тӏокӏаб щибниги жо гьечӏеблъи. Гьес дун жиндаго аскӏов халичаялда тӏад гӏодов чӏезавуна ва халатбахъун дихъ валагьун вукӏана, кӏалъазе таваккал гӏоларого. Цинги босана кодобе дир квер ва сасараб гьаркьица абуна:\n– Дир вас, дур гьанже буго анцӏго сон. Мун гьанже бихьинчилъун лъугьана, ва дие бокьун буго дуе цо балъголъи рагьизе, дица дудаса гӏемераб заманалъ бахчун букӏараб. Кӏвелищ дуда гьеб цӏунизе, хӏатта эбелалдасагицин? Дудаса борчӏараб цо рагӏуца дун вачине бегьула инквизициялъул махӏкамаялде гъоркье.\nДида «инквизиция» абураб рагӏи рагӏараб мехалда, ракӏ гъанцӏиялъ дун тӏуркӏизавуна. Расал хичун чӏана, щайгурелъул дие гьеб рагӏудаса хӏинкъи бугеб жо щибниги букӏинчӏелъул. Дида щибаб къойил бихьулеб букӏиндал инквизициялъ гӏадамазе рухӏизе хӏукму къотӏулеб букӏараб куц. Ва дун гӏенеккун чӏана.\n— Дуе щиб, щай дуца жаваб кьолареб, дуда кӏвелищ цӏунизе дица дуда абизе бугеб жо?\n— У, кӏвела, эмен!\n— Дуца лъиданиги бицинаребищ гьеб, хӏатта эбелалдагицин?\n— Гьечӏо, бицинаро.\n— Гӏодов чӏа аскӏовегӏан, дун хӏинкъун вуго, къадазулги рукӏине бегьула гӏундул.\nГьес хъорщодаса босана цо тӏехь ва абуна.\n— Дуда лъалищ гьеб щиб тӏехьали?\n— Гьаб буго хирияб калам.\n— Инжилищ?\n— Гуро, гьеб буго Къуръан, Аллагьас жиндирго авараг Мухӏамадихъе битӏараб.\nВиххун хутӏиялъ дида щибго жо абизе кӏвечӏо.\n— Гьаб буго исламалъул тӏехь. Ислам жиб Мухӏамад-аварагасе киналго гӏадамазухъе босун бачӏараб. Гьев вижана гьаниса цӏакъ рикӏкӏад, ралъадазда нахъа, салул авлахъалда, цӏакъ жагьилал гӏадамазда гьоркьов. Ва бецӏлъиялдаса канлъуде, жагьиллъиялдаса гӏелмуялде, саяхълъиялдаса ахлакъалде рачана гьес гьел. Ва гьез гьеб канлъи тӏибитӏизабуна тӏолабго дунялалда, ва нилъер улка Андалусиялде щвана. Гӏуцӏана кӏудияб маданиятги ва идара гьабуна 800 соналъ. Дунялалда бищунго цебетӏураб улкалъун гьабуна гьаб улка. У, вас, нилъ ккола гӏарабал, бусурбаби.\n— Щиб?!! Нилъ бусурбаби?!\n— У! Гьеле гьеб буго доб, дица дуе рагьизе кколеб букӏараб балъголъи. У, нилъ руго бусурбаби. Нилъ руго гьаб улкаялъул бетӏергьаби. Нилъеца рана гьал гьундулги, гьабсагӏаталъ жидеда жаниб тушбабаз гӏумру гьабулел ругел. Нилъеца рорхана гьал минараби, жидедесан как ахӏулел рукӏарал, гьанжейин абуни кӏудиял цӏурмал кьабулел ругел. Нилъеца рана гьал мажгитал, жидеда жаниб чӏурканаб кьер гьабун цо имамасда хадув чӏун, цого заманалда 80000 чияс как балеб букӏарал. Гьанже гьел ккола килисаби ва монастырал. Гьаниб щибаб бакӏалда буго нилъер умумуз тараб лъалкӏ, щибаб ганчӏида гъоркь турулел руго дур кӏудадаязул рукьби. Нилъеца бачӏана гьаб культура, рана шагьарал, лъуна нухалги кьоялги, гӏезаруна гьал ахал.\nАмма кӏикъого соналъ цебе, рагӏулищ дуда, кӏикъого соналъ цебе шагьаралъул ахирав бетӏер Мухӏамад Абу Гӏабдуллагьица Ал-Гамбра гьундузул кӏулал кьуна испаниязухъе ва, абадиялъ шагьарги рехун тун, Мароккоялде ана, гьенив ялгъузго хвезе гӏоло. Къиралай Изабеллаялъги къирал Фердинандицаги рагӏи кьун букӏана нилъер диналъул эркенлъиги ритӏухълъиги цӏунизе, ва гӏемерисел хутӏана гьанир. Амма бащдаб чӏинкӏиллъиялъул тӏубанго кверщел кодоб бугел бетӏергьабилъун рахъараб мехалда, гьез хвезабуна жидецаго кьураб рагӏи. Чанго соналдасан аслияб майданалда рухӏана киналго диниял ва гӏараб тӏахьал. Гьукъана исламалъул кинаб букӏаниги загьирлъи, гьукъана мацӏ ва лъималазда жидерго гӏадатал малъизе. Инквизициялъул мукъадасаб махӏкамаялъ дин батӏиявщинав чиясе чӏвазе къотӏула. Кӏикъого соналъ, дир вас, гьаб гӏазабалда жанир руго нилъ, Аллагьасул рахӏматалъухъ балагьун руго ва хьул къотӏун гьечӏо. Гьеле гьеб балъголъи буго дица дудаса бахчун бугеб. Дун хвалдаса хӏинкъуларо, амма дун хӏинкъун вуго хвезе, дуда нилъер мацӏ, нилъер дин малъичӏого. Гьанжейин абуни кьижизе а, ва кӏочон тоге дуца дие кьураб рагӏи.\nГьелдаса нахъе щибаб нухалда Ал-Гамбраги, минарабиги, рукъзалги, гьундулги рихьараб мехалда, дун пашманлъулаан, дир ракӏ гьаб шагьар бараздехун рокьуца цӏолаан, ва тушманлъи букӏана гьеб хвезабулел ругездехун. Дун тира-сверулаан къватӏазда ва гаргадулаан шагьаргун: «Ва, Ал-Гамбра! Ва, хирияб гьин. Кӏочон таралищ дуда мун барал, бидуцаги гӏетӏуцаги мун лъалъарал, дуца киналго хӏайран гьаризе гӏоло бугебщинаб жо къурбан гьабурал? Ракӏалда ругищ дуда дур ритӏухъал гӏамирал, дуе машгьурлъиги реццги босун рачӏарал? Ругьунлъанищ мун как ахӏиялдаса хадуб кӏудиял цӏурмазде, имамзабазда хадуб монахазде, канлъудаса хадуб бецӏлъиялде?!» – ян.\nДица лъазабулеб букӏана гӏараб мацӏ. Дица латин хӏарпаз хъвалаан, инсуцайин абуни аскӏор гӏараб хӏарпал хъвалаан. Гьес дун ругьун гьавулев вукӏана гьаркьал рахъизе ва хъвадаризе, как базе ва дугӏаби гьаризе, нижеца доб хасаб рокъоб тӏуралел рукӏарал къасиги къадги дир чорхолъа унеб букӏинчӏо хӏинкъи. Дида балъголъи цӏунун бажариларилан абураб. Инсуцайин абуни, дир хӏалбихьизе гӏоло, дихъе йитӏулаан эбел, ва гьелъ цӏехолаан сундуе дун инсуца ругьун гьавулев вугевали, амма дица кӏал рагьулароан ва сундасаги инкар гьабулаан ва абулаан гьес дида щибго малъулеб гьечӏилан.\nАна чанго сон. Дица лъазаруна гӏараб мацӏ ва диналъул аслаби. Инсуца дир лъай-хъвай гьабуна балъго исламалда хадур рилълъарал цогидал бусурбабигун. Дун ана Севилья, Кордова шагьаразде, ва кирго рукӏана балъгоял бусурбаби. Хӏатта Толедоялдацин, жеги 500 соналъ цебе испаниязул кодобе аралъухъ балагьичӏого, дида ратана балъго исламалда хадур рилълъарал гӏадамал.\nИнквизициялъ кутаклъизабуна жиндирго хӏаракат. Киналго цӏияб насран дин босарал насраниязул божилъиялде халгьабулеб букӏана ва, щибниги щакаб жо батани, рухӏизе бегьулаан ялъуни цогидаб тамихӏ къотӏулаан гьезие. Цо нухалда 90 сон барай кӏодохъ (Изабелла Сюзан) батун буго Къуръан, ва жинда цӏализе лъаларилан гьелъ абуниги, рекӏинаюн хӏамидаги, шагьар сверизабун буго гьелда. Цо мориск (Испаниялда ва Португалиялда – официалияб къагӏидаялда насран къабул гьабурал Ал-Андалусиялъул бусурбаби ва гьезул наслаби – А.М.) гӏазаб кьун, хвезавун вуго гьесул «тӏокӏаб» ва щакаб рацӏцӏалъиялъе гӏоло.\nЦо нухалда инсуца ахӏана дун ва абуна: «Дида бичӏчӏулеб буго гор дандекъалеб букӏин. Дун хӏинкъуларо ва бокьун буго Алжаналде ккезе. Дица гьабизе кӏолебщинаб жо гьабуна, малъана дуда ислам. Амма, щиб кканиги, дуца гьав чиясухъ гӏинтӏаме», – ян ва вихьизавуна жиндирго гьудул.\nАна чанго анкь. Цо сордоялъ инсул гьудулас ахӏана дун ва буюрана ретӏел ретӏине ва жинда хадув ине.\n– Кире нилъ инел ругел?\n– Инсуца дуда абунагури дихъ гӏенеккейилан, гьединлъидал щибго гьикъуге ва дида хадув вилълъа.\nШагьар тун къватӏирехун ниж рахъараб мехалда, гьев чӏана ва абуна: «Дур хъизамалъе инквизиторазул квераздасан Алжаналде ине хъван буго. Нилъин абуни инел руго Мароккоялде – бусурбабазул улкаялде. Бисмиллагь», – ан.\nБуссинабуна Ахӏмад Муртазагӏалиевас."}
{"slug": "2788-bal-kh-aderil-kh-aladukh-kkarab-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2788-bal-kh-aderil-kh-aladukh-kkarab-balag", "title": "Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь", "date": "2018-09-11 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "1920-1921 соназда советияб хӏукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса\n1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гӏахьаллъулеб аслияб къуватлъун букӏана Хӏ армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букӏана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекӏаразулгун мугӏрузул батареягун цадахъ рекӏаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул полкалги. Гьеб къуват бачӏинахъего битӏана магӏарухъе, Хӏоцоса Нажмудинил аскаралде данде къеркьезе».\nДивизиялъул авлахъалъулаб штабалъул разведкаялъул баяназда рекъон, дандечӏаразул гьеб заманалда букӏана 10 азаргогӏанасеб хечгун хвалченги, чамали мухӏканлъичӏеб къадаралда пулеметалги, ункъо гӏарадаги.\nНажмудинил аскаралъухъ букӏана Темир-Хан-Шура районалда Генуб росу. Гьаракӏуниб букӏана анлънусгониги хечги 100 хвалченги, кӏи-кӏи гӏарадаги пулеметги. Чӏалда-Могьохъ-Хӏоцо мухъалда букӏана 500 штыкги, 200 хвалченги, кӏиго пулеметги бугеб къокъа, Буцӏра-Шагьада — нусгогӏанасеб хеч. Магӏарухъа Кӏахетиялде унеб нухккун хӏалтӏулеб букӏана полковник Гӏумар Пираловасул нухмалъиялда гъоркь 400 хечги 300 хвалченги бугеб къокъа. Лъахъ-Гьонохъ мухъалда — Кучраса Ибрагьим-Хӏажил нухмалъиялда гъоркь 200 хечгун хвалчен. Хӏоцоса Нажмудиницаги Хъайтмаз Гӏалихановасги ккун рукӏана Гӏободаги Тӏанусиги росаби — гьезухъ букӏана 1000 хечги кӏиго пулеметги ва цо гӏарадаги.\nДагъистаналда советазде дандечӏаралгун къеркьеялъе кумекалъе ичӏабилеб ноябралда Чачаналда, Грозныялдаса Ведено хъаладухъе ва хадубккун Болъихъе гьужум гьабиялъул мурадалда, битӏана Кавказалъул захӏматалъул армиялъул бутӏалъун кколеб Революциялъулаб гӏадлуялъул рахъалъ мисалияб тӏоцебесеб кьвагьдохъабазул полк. Веденоялда цо чанго къоги бан, гьенив нусгогӏанасев багӏарармиялъулавги тун — цоял унтун, цоял хӏатӏида гӏицӏго рукӏиналъ — полк бахъана Болъихъехун ва 16 ноябралда, кинабгӏаги дандечӏейги батичӏого, гьенибе жанибе лъугьана. Кӏиго къоялдасан полкалъул комиссар Аузенил нухмалъиялда гъоркь кӏиго ротаги пулеметалъулаб командаялъул цо бутӏаги ана Муни росулъе — муридзабазухъа кӏиго гӏарада бахъиялъул мурадалда. Къокъабго кьвагьдеялдаса хадуб Муни росу ккуна гьез, амма муридзаби цадахъ гӏарадабигун нахъе къана Гъоркьколо росулъехун.\nБагӏарармиялъулазул хьвада-чӏвади букӏана бергьенлъи босарал аскариязда релълъараб: гьез гъоркьлъалие росана гӏадамал, гӏемерисел магӏарулазухъа бахъана ярагъ, Муни росдал жамагӏаталда тӏадаблъун гьабуна кванил нигӏматаздалъунги чуязе хералдалъунги аскариял хьезари. «Мисалияб» полкалъул рагъухъабаз, жидее бокьа-бокьараб гьабизе ихтияр щванилан абун, зулму гьабун рахъулел рукӏана гӏадамазухъа кванил нигӏматалги рукӏа-рахъиналъул алаталги, гьединлъидал халкъалъулги гьездехун бижана рокьукъаб асар.\nГьайгьай, идеологияб кьучӏалда, багӏарармиялъулазул гьединаб хасият букӏин дол соназда кибниги загьир гьабулароан, амма архивазул хӏужабаздаса баянлъулеб буго большевиказул хӏукуматалъе гӏоло къеркьолезул лъикӏаб гьечӏеб хасият букӏинги. Масала, Дагъистан областалъул бюроялъул вакилас 1920 соналъул сентябралда Кавказалъул бюроялде битӏараб докладалда бицунеб буго «лъабго шагьаралда гӏуцӏарал хасаб мухъалъул къокъабаздаги хъинтӏараб гӏаммаб гӏадлу гьечӏолъиялъулги букӏине кколеб низамалъул бицун гьезие дарсал кьунгутӏиялъулги» хӏакъалъулъ.\n1920 соналъул 16 сентябралда Дагъистаналда вукӏарав рагъулаб комиссиялъул председателас Хӏ армиялъул штабалъул начальникасухъе хъвараб № 64 рапорталдаса баянлъулеб буго, «Дагъистаналъул цолъизабураб бригадаялъул халгьабураб мехалда, загьирлъана гьелъул рагъухъаби лъутиялъул гӏемерал хӏужаби: тӏоцебесеб кьвагьдохъабазул полкалдаса лъутун вуго 144 чи (14 процент) ва кӏиабилелдаса — 336 чи (60 процент)».\nГьединал мисалал гӏемер руго, ва Муни росулъ рукӏарал «мисалиял» багӏарармиялъулалги ккола гьединаздаса цоял.\n«Гьелдаса хадуб 250 штыкги лъабго пулеметги бугеб къокъа лъугьана Гъоркьколо росулъе, гьеб кӏиго гӏарада бахъиялъул мурадалда. Гьеб къокъаялъ, тушманги виххизавун, босана Гъоркьколо росу ва байбихьана, гӏарадаби ратиялъул мурадалда гьеб хъирщизе. Къокъаялъ букӏине кколеб куцалда хъаравулзаби тун рукӏинчӏо, гьединлъидал, лъазего лъачӏого, тушман ккана гьезда нахъехун (тылалда) ва, Муни росдал гӏадамазул кумекалдалъун, Болъихъе тӏадруссине нух къана гьелъие. Къокъаялъухъа бажаричӏо гьениса рорчӏизе ва тӏубанго щущахъ биххизабуна гьеб. Болъихъа кумекалъе битӏараб ротаги тӏадбуссана, икъбал ккечӏого».\nКъокъа хвеялъ квешаб асар гьабуна Болъихъ хутӏараб полкалъул бутӏаялъе. Гьелъул чаракъосиналдаса пайдаги босун, муридзаби гьужумалъе рахъана ва къаси сверун ккуна хъала.\nХадубккун чӏаго хутӏарал багӏарармиялъулаз бицунеб букӏана, муридзаби рукӏанила гӏезегӏанго гӏадлу-низам цӏунараб ва пулеметалгун гӏарадаби кодосеб регулярияб аскаралда релълъун. Кӏанцӏизе бакӏ гьечӏеблъи бичӏчӏарал хъаладухъ рукӏарал солдатаз хӏаракат гьабулеб букӏана жалго хвасарлъизе. Полкалъул командирзабазухъа бажарана бакӏалъул гӏадамазул цо чангояв муридзабазул штабалде ритӏизе ва гьезда лъазабуна, гарнизоналъ дандечӏей гьабизе гьечӏин ва, казеннияб къайиги жибго тун, жалго хӏадур ругин, кодоб ярагъгун, Дагъистан тун нахъе инеян. Магӏарулазул нухмалъиялда вукӏарав полковник Мухӏамад Жахӏпаровас гьеб гьари къабул гьабичӏо. Гьес абуна, багӏарармиялъулаз ярагъ тезе ккелин ва хъаравулзабаз сверунги ккун, гьел чӏаго-гӏатӏго ритӏизе ругин рагъ бугеб бакӏалдаса нахъе. Гьезул гӏумруялъе кинабгӏаги хӏинкъиги букӏине гьечӏин. Гьединаб жавабгун делегатал тӏадруссана хъаладухъе.\nКъаси хъаладухъ букӏана командиразул данделъи. Бицана бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Хадусеб къоялъ радал полкалъул командирасул кумекчи Ленорскийги цоги командирги ана магӏарулазухъе ва М. Жапаровасда абуна, жал рази ругин хъала кьезе ва, полковник Жамалудин Шамилевасул нухмалъиялда гъоркь вукӏарав 10 магӏарулавгун цадахъ тӏадруссана хъаладухъе. Гьел вакилзабазул гӏахьаллъигун полк бакӏарана ва гьелъул аскариязда лъазабуна, ярагъ кьуни, чӏаго Россиялде тӏадруссине рес кьелин абун. Рукӏана гьелда дандечӏарал цо-цоялги, амма полкалъул командир Фурманица гьабураб кӏалъаялдаса хадуб гьеб хӏукмуялда тӏадрекъана киналго. Гьеб заманалде хъаладухъе рачӏана полковник М. Жапаровги, шайх Сиражудин-Хӏажиги, Дарбиш Мухӏаммад Хӏажиги ва магӏарулазул аслияб къуватги. «Багӏарармиялъулал ракӏарана цо рокъор ва тушманасул вакилзабаз гьел цӏунулел рукӏана жанире кӏанцӏун рачӏунел тушбабазул цогидал солдатаздаса, амма хадубккун хъала цӏезабуна тушманасул къуваталъ. Гьезда цадахъ рачӏарал повстанцал минаялда жанире рорчӏана ва, хъаравулзабиги нахъегӏан къазарун, багӏарармиялъулаздаса ретӏел цӏацӏазе, гьезде кьвагьдезе, гьел чӏвазе байбихьана. Багӏарармиялъулазул цо-цоязухъа бажарана, битӏахъего толохӏочон, гьеб кьалдаса лъутун рорчӏизе».\nХъаладухъ рукӏараздехун букӏана цӏакъ кӏудияб рокьукълъиги ццинги, гьединлъидал цо-цо магӏарулазул ахӏуца гьалаглъизарурал гӏадамал чӏезарун бажарулеб къуватго букӏинчӏо. Доб заманалъул чиясул баяназда рекъон, «хъачагъазул аслияб бутӏаялъ багӏарармиялъулал хъамал гьарулел ва чӏвалел рукӏана, жидер нухмалъулезул ахӏул санги гьабичӏого».\nБолъихъ вукӏана 600-700-гӏанасев багӏарармиялъулав, гьезухъ букӏана ичӏго пулеметги, щивав рагъухъанасухъ кодоб – 50-60 патронги, полкалъул нахърателалда – 11000 гуллаги пулеметалъул патирабазул 50 чалуги. Гьеб кинабго щвана повстанцазул къокъабазухъе.\nБалъхъадерил хъаладухъ ккарал пашманал лъугьа-бахъиназул хӏисаб гьабулаго, абизе ккола, гьезул хӏакъалъулъ советиял гӏалимзабаз бицунеб букӏана, гьеб иш «понцӏозабун», ай кӏодо гьабун. Масала, Мухӏамад Кӏичевас гьадин хъвалеб буго «бахӏарчияб» полк хвеялъул хӏакъалъулъ: «1920 соналъул 16 ноябралда Революциялъулаб гӏадлуялъул рахъалъ мисалияб кьвагьдохъабазул полкалъ, рагъго гьабичӏого, босана Болъихъ росу. 18 ноябралда Революциялъулаб полкалъул бахӏарчияб гьужумалъул хӏасилалда босана Муни росу ва, нахъекъалев тушманасда хадубги лъугьун, эркен гьабуна Гъоркьколо росу. Амма Муни-Гъоркьколо ракӏарарал хъачагъазул кӏудияб аскаралъухъа сверун ккун бажарана Революцияб полк. Гьеб, къуват бащалъулареб рагъулъ къокъаялъул цо бутӏа гъурана, ва чӏаго хутӏарал рагъухъабаз нух бахъана Болъихъехун. Кьалул майданалда бахӏарчияб хвел босана полкалъул комиссар Аузеница», — ян.\nАрхивалъул гӏемерал тӏанчал гелун ратила гьеб макъалаялъул авторас, темаялда тӏад хӏалтӏулаго, амма лъугьа-бахъиналъул хӏужаби гьес кьолел руго, доб заманалда киса-кибго тӏибитӏун букӏараб идеологиялъул мурадалги цӏунун.\nКавказалъул Захӏматалъул армиялъул политотделалъул отчеталдасаги аскаралъул Дагъистаналъул группаялъул командующий А. Тодорскиясул ракӏалдещвеяздасаги лъала Муни росу босарал багӏарармиялъулазул хъамалчилъиялъги нахъегӏанаб гӏамалалъги бакӏалъул халкъалъулъ жидедехун рокьукълъи бижизабураблъи. Цересел «цӏех-рехазулъ» гӏадатлъун лъугьун букӏана комиссаразулги багӏарармиялъулазулги «бахӏарчияб хвел» бихьизаби. Гьезде дандечӏарал ва цӏияб хӏукумат къабул гьабичӏел рихьизарулел руго «гӏалхулал жанаваразда релълъарал хъачагъаллъун». Гьединал «мухӏканал» баянал кьолел цӏех-рехчагӏаз тарихиял хӏужаби баян гьарулаан жидеего рекъонкколеб хӏалалда ва хӏаракатги гьабулаан гӏелмуялда церехъабилъун рихьизаризе.\nХунзахъа хъаладул комендантлъун вукӏарав Григорий Руденскиясул пикруялда, «полкалъул нухмалъулезул гъалатӏлъун букӏана, Болъихъ росу ккун хадуб, жалго рещтӏараб бакӏ щула гьабиялде кӏваркьунгутӏи, Муни, Гъоркьколо ва цогидал росабалъе разведкаги битӏун, жидерго къуват лъедерлъизаби»-ян. Гьединлъидал, ай чӏванкъотӏарал ва щвалде щварал тадбирал гьарунгутӏиялъул, полкалда низам гьечӏолъиялъул, бакӏалъул халкъалъул рукӏа-рахъин лъангутӏиялъул хӏасиллъун ккола тӏолабго полк гъури. Гьеб лъугьа-бахъиналъ лъикӏаб гьечӏеб хӏал лъугьинабуна Багӏараб Армиялъул бутӏабаз Дагъистаналда тӏоритӏулел рукӏарал гӏаммал операциязул хӏасилалъеги. Гъунибги Хунзахъги цӏидасан ккана Нажмудинил аскаралъул кверщаликье."}
{"slug": "2801-bal-kh-aderil-kh-aladukh-kkarab-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2801-bal-kh-aderil-kh-aladukh-kkarab-balag", "title": "Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь", "date": "2018-09-11 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "1920-1921 соназда советияб хӏукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса\n1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гӏахьаллъулеб аслияб къуватлъун букӏана Хӏ армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букӏана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекӏаразулгун мугӏрузул батареягун цадахъ рекӏаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул полкалги. Гьеб къуват бачӏинахъего битӏана магӏарухъе, Хӏоцоса Нажмудинил аскаралде данде къеркьезе». Дивизиялъул авлахъалъулаб штабалъул разведкаялъул баяназда рекъон, дандечӏаразул гьеб заманалда букӏана 10 азаргогӏанасеб хечгун хвалченги, чамали мухӏканлъичӏеб къадаралда пулеметалги, ункъо гӏарадаги. Нажмудинил аскаралъухъ букӏана Темир-Хан-Шура районалда Генуб росу. Гьаракӏуниб букӏана анлънусгониги хечги 100 хвалченги, кӏи-кӏи гӏарадаги пулеметги. Чӏалда-Могьохъ-Хӏоцо мухъалда букӏана 500 штыкги, 200 хвалченги, кӏиго пулеметги бугеб къокъа, Буцӏра-Шагьада — нусгогӏанасеб хеч. Магӏарухъа Кӏахетиялде унеб нухккун хӏалтӏулеб букӏана полковник Гӏумар Пираловасул нухмалъиялда гъоркь 400 хечги 300 хвалченги бугеб къокъа. Лъахъ-Гьонохъ мухъалда — Кучраса Ибрагьим-Хӏажил нухмалъиялда гъоркь 200 хечгун хвалчен. Хӏоцоса Нажмудиницаги Хъайтмаз Гӏалихановасги ккун рукӏана Гӏободаги Тӏанусиги росаби — гьезухъ букӏана 1000 хечги кӏиго пулеметги ва цо гӏарадаги.\nДагъистаналда советазде дандечӏаралгун къеркьеялъе кумекалъе ичӏабилеб ноябралда Чачаналда, Грозныялдаса Ведено хъаладухъе ва хадубккун Болъихъе гьужум гьабиялъул мурадалда, битӏана Кавказалъул захӏматалъул армиялъул бутӏалъун кколеб Революциялъулаб гӏадлуялъул рахъалъ мисалияб тӏоцебесеб кьвагьдохъабазул полк. Веденоялда цо чанго къоги бан, гьенив нусгогӏанасев багӏарармиялъулавги тун — цоял унтун, цоял хӏатӏида гӏицӏго рукӏиналъ — полк бахъана Болъихъехун ва 16 ноябралда, кинабгӏаги дандечӏейги батичӏого, гьенибе жанибе лъугьана. Кӏиго къоялдасан полкалъул комиссар Аузенил нухмалъиялда гъоркь кӏиго ротаги пулеметалъулаб командаялъул цо бутӏаги ана Муни росулъе — муридзабазухъа кӏиго гӏарада бахъиялъул мурадалда. Къокъабго кьвагьдеялдаса хадуб Муни росу ккуна гьез, амма муридзаби цадахъ гӏарадабигун нахъе къана Гъоркьколо росулъехун. Багӏарармиялъулазул хьвада-чӏвади букӏана бергьенлъи босарал аскариязда релълъараб: гьез гъоркьлъалие росана гӏадамал, гӏемерисел магӏарулазухъа бахъана ярагъ, Муни росдал жамагӏаталда тӏадаблъун гьабуна кванил нигӏматаздалъунги чуязе хералдалъунги аскариял хьезари. «Мисалияб» полкалъул рагъухъабаз, жидее бокьа-бокьараб гьабизе ихтияр щванилан абун, зулму гьабун рахъулел рукӏана гӏадамазухъа кванил нигӏматалги рукӏа-рахъиналъул алаталги, гьединлъидал халкъалъулги гьездехун бижана рокьукъаб асар. Гьайгьай, идеологияб кьучӏалда, багӏарармиялъулазул гьединаб хасият букӏин дол соназда кибниги загьир гьабулароан, амма архивазул хӏужабаздаса баянлъулеб буго большевиказул хӏукуматалъе гӏоло къеркьолезул лъикӏаб гьечӏеб хасият букӏинги. Масала, Дагъистан областалъул бюроялъул вакилас 1920 соналъул сентябралда Кавказалъул бюроялде битӏараб докладалда бицунеб буго «лъабго шагьаралда гӏуцӏарал хасаб мухъалъул къокъабаздаги хъинтӏараб гӏаммаб гӏадлу гьечӏолъиялъулги букӏине кколеб низамалъул бицун гьезие дарсал кьунгутӏиялъулги» хӏакъалъулъ. 1920 соналъул 16 сентябралда Дагъистаналда вукӏарав рагъулаб комиссиялъул председателас Хӏ армиялъул штабалъул начальникасухъе хъвараб № 64 рапорталдаса баянлъулеб буго, «Дагъистаналъул цолъизабураб бригадаялъул халгьабураб мехалда, загьирлъана гьелъул рагъухъаби лъутиялъул гӏемерал хӏужаби: тӏоцебесеб кьвагьдохъабазул полкалдаса лъутун вуго 144 чи (14 процент) ва кӏиабилелдаса — 336 чи (60 процент)». Гьединал мисалал гӏемер руго, ва Муни росулъ рукӏарал «мисалиял» багӏарармиялъулалги ккола гьединаздаса цоял. «Гьелдаса хадуб 250 штыкги лъабго пулеметги бугеб къокъа лъугьана Гъоркьколо росулъе, гьеб кӏиго гӏарада бахъиялъул мурадалда. Гьеб къокъаялъ, тушманги виххизавун, босана Гъоркьколо росу ва байбихьана, гӏарадаби ратиялъул мурадалда гьеб хъирщизе. Къокъаялъ букӏине кколеб куцалда хъаравулзаби тун рукӏинчӏо, гьединлъидал, лъазего лъачӏого, тушман ккана гьезда нахъехун (тылалда) ва, Муни росдал гӏадамазул кумекалдалъун, Болъихъе тӏадруссине нух къана гьелъие. Къокъаялъухъа бажаричӏо гьениса рорчӏизе ва тӏубанго щущахъ биххизабуна гьеб. Болъихъа кумекалъе битӏараб ротаги тӏадбуссана, икъбал ккечӏого». Къокъа хвеялъ квешаб асар гьабуна Болъихъ хутӏараб полкалъул бутӏаялъе. Гьелъул чаракъосиналдаса пайдаги босун, муридзаби гьужумалъе рахъана ва къаси сверун ккуна хъала. Хадубккун чӏаго хутӏарал багӏарармиялъулаз бицунеб букӏана, муридзаби рукӏанила гӏезегӏанго гӏадлу-низам цӏунараб ва пулеметалгун гӏарадаби кодосеб регулярияб аскаралда релълъун. Кӏанцӏизе бакӏ гьечӏеблъи бичӏчӏарал хъаладухъ рукӏарал солдатаз хӏаракат гьабулеб букӏана жалго хвасарлъизе. Полкалъул командирзабазухъа бажарана бакӏалъул гӏадамазул цо чангояв муридзабазул штабалде ритӏизе ва гьезда лъазабуна, гарнизоналъ дандечӏей гьабизе гьечӏин ва, казеннияб къайиги жибго тун, жалго хӏадур ругин, кодоб ярагъгун, Дагъистан тун нахъе инеян. Магӏарулазул нухмалъиялда вукӏарав полковник Мухӏамад Жахӏпаровас гьеб гьари къабул гьабичӏо. Гьес абуна, багӏарармиялъулаз ярагъ тезе ккелин ва хъаравулзабаз сверунги ккун, гьел чӏаго-гӏатӏго ритӏизе ругин рагъ бугеб бакӏалдаса нахъе. Гьезул гӏумруялъе кинабгӏаги хӏинкъиги букӏине гьечӏин. Гьединаб жавабгун делегатал тӏадруссана хъаладухъе. Къаси хъаладухъ букӏана командиразул данделъи. Бицана бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Хадусеб къоялъ радал полкалъул командирасул кумекчи Ленорскийги цоги командирги ана магӏарулазухъе ва М. Жапаровасда абуна, жал рази ругин хъала кьезе ва, полковник Жамалудин Шамилевасул нухмалъиялда гъоркь вукӏарав 10 магӏарулавгун цадахъ тӏадруссана хъаладухъе. Гьел вакилзабазул гӏахьаллъигун полк бакӏарана ва гьелъул аскариязда лъазабуна, ярагъ кьуни, чӏаго Россиялде тӏадруссине рес кьелин абун. Рукӏана гьелда дандечӏарал цо-цоялги, амма полкалъул командир Фурманица гьабураб кӏалъаялдаса хадуб гьеб хӏукмуялда тӏадрекъана киналго. Гьеб заманалде хъаладухъе рачӏана полковник М. Жапаровги, шайх Сиражудин-Хӏажиги, Дарбиш Мухӏаммад Хӏажиги ва магӏарулазул аслияб къуватги. «Багӏарармиялъулал ракӏарана цо рокъор ва тушманасул вакилзабаз гьел цӏунулел рукӏана жанире кӏанцӏун рачӏунел тушбабазул цогидал солдатаздаса, амма хадубккун хъала цӏезабуна тушманасул къуваталъ. Гьезда цадахъ рачӏарал повстанцал минаялда жанире рорчӏана ва, хъаравулзабиги нахъегӏан къазарун, багӏарармиялъулаздаса ретӏел цӏацӏазе, гьезде кьвагьдезе, гьел чӏвазе байбихьана. Багӏарармиялъулазул цо-цоязухъа бажарана, битӏахъего толохӏочон, гьеб кьалдаса лъутун рорчӏизе». Хъаладухъ рукӏараздехун букӏана цӏакъ кӏудияб рокьукълъиги ццинги, гьединлъидал цо-цо магӏарулазул ахӏуца гьалаглъизарурал гӏадамал чӏезарун бажарулеб къуватго букӏинчӏо. Доб заманалъул чиясул баяназда рекъон, «хъачагъазул аслияб бутӏаялъ багӏарармиялъулал хъамал гьарулел ва чӏвалел рукӏана, жидер нухмалъулезул ахӏул санги гьабичӏого». Болъихъ вукӏана 600-700-гӏанасев багӏарармиялъулав, гьезухъ букӏана ичӏго пулеметги, щивав рагъухъанасухъ кодоб – 50-60 патронги, полкалъул нахърателалда – 11000 гуллаги пулеметалъул патирабазул 50 чалуги. Гьеб кинабго щвана повстанцазул къокъабазухъе. Балъхъадерил хъаладухъ ккарал пашманал лъугьа-бахъиназул хӏисаб гьабулаго, абизе ккола, гьезул хӏакъалъулъ советиял гӏалимзабаз бицунеб букӏана, гьеб иш «понцӏозабун», ай кӏодо гьабун. Масала, Мухӏамад Кӏичевас гьадин хъвалеб буго «бахӏарчияб» полк хвеялъул хӏакъалъулъ: «1920 соналъул 16 ноябралда Революциялъулаб гӏадлуялъул рахъалъ мисалияб кьвагьдохъабазул полкалъ, рагъго гьабичӏого, босана Болъихъ росу. 18 ноябралда Революциялъулаб полкалъул бахӏарчияб гьужумалъул хӏасилалда босана Муни росу ва, нахъекъалев тушманасда хадубги лъугьун, эркен гьабуна Гъоркьколо росу. Амма Муни-Гъоркьколо ракӏарарал хъачагъазул кӏудияб аскаралъухъа сверун ккун бажарана Революцияб полк. Гьеб, къуват бащалъулареб рагъулъ къокъаялъул цо бутӏа гъурана, ва чӏаго хутӏарал рагъухъабаз нух бахъана Болъихъехун. Кьалул майданалда бахӏарчияб хвел босана полкалъул комиссар Аузеница», — ян. Архивалъул гӏемерал тӏанчал гелун ратила гьеб макъалаялъул авторас, темаялда тӏад хӏалтӏулаго, амма лъугьа-бахъиналъул хӏужаби гьес кьолел руго, доб заманалда киса-кибго тӏибитӏун букӏараб идеологиялъул мурадалги цӏунун. Кавказалъул Захӏматалъул армиялъул политотделалъул отчеталдасаги аскаралъул Дагъистаналъул группаялъул командующий А. Тодорскиясул ракӏалдещвеяздасаги лъала Муни росу босарал багӏарармиялъулазул хъамалчилъиялъги нахъегӏанаб гӏамалалъги бакӏалъул халкъалъулъ жидедехун рокьукълъи бижизабураблъи. Цересел «цӏех-рехазулъ» гӏадатлъун лъугьун букӏана комиссаразулги багӏарармиялъулазулги «бахӏарчияб хвел» бихьизаби. Гьезде дандечӏарал ва цӏияб хӏукумат къабул гьабичӏел рихьизарулел руго «гӏалхулал жанаваразда релълъарал хъачагъаллъун». Гьединал «мухӏканал» баянал кьолел цӏехрехчагӏаз тарихиял хӏужаби баян гьарулаан жидеего рекъонкколеб хӏалалда ва хӏаракатги гьабулаан гӏелмуялда церехъабилъун рихьизаризе. Хунзахъа хъаладул комендантлъун вукӏарав Григорий Руденскиясул пикруялда, «полкалъул нухмалъулезул гъалатӏлъун букӏана, Болъихъ росу ккун хадуб, жалго рещтӏараб бакӏ щула гьабиялде кӏваркьунгутӏи, Муни, Гъоркьколо ва цогидал росабалъе разведкаги битӏун, жидерго къуват лъедерлъизаби»-ян. Гьединлъидал, ай чӏванкъотӏарал ва щвалде щварал тадбирал гьарунгутӏиялъул, полкалда низам гьечӏолъиялъул, бакӏалъул халкъалъул рукӏа-рахъин лъангутӏиялъул хӏасиллъун ккола тӏолабго полк гъури. Гьеб лъугьабахъиналъ лъикӏаб гьечӏеб хӏал лъугьинабуна Багӏараб Армиялъул бутӏабаз Дагъистаналда тӏоритӏулел рукӏарал гӏаммал операциязул хӏасилалъеги. Гъунибги Хунзахъги цӏидасан ккана Нажмудинил аскаралъул кверщаликье."}
{"slug": "2876-rakalda-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2876-rakalda-l-alkial", "title": "Ракьалда лъалкӏал", "date": "2018-09-18 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Лъикӏал тӏабигӏатазул ахикь\nМуридзабазул ракӏазулъ нурлъунги рещтӏарав, чирахълъунги гвангъарав\n«Дица нуж киналго ахӏула тавбуялде, вацлъи цӏуниялде, цоцазде адабалдалъун ралагьизе, цоцазда тӏасалъугьине. Гьеб кинабго гьабизе нилъее квалквал гьабула напсалъ. Амма нилъер бахӏарчилъиги, къуватги, иманалъул къвакӏиги гӏезе ккола гьеб къезабизе. Рачӏа, цадахъ рекъон хӏалтӏизе, гӏумру гьабизе, цо хъизамалъул чагӏи гӏадин рукӏине. Нилъеца нилъерго мисалалдалъун бихьизабизе ккола исламалъул берцинлъи».\nДагъистаналъул муфти Ахӏмад-апанди\nСардил гӏуж. Киса-кибего сихӏкъотӏи. Зодихъан гордухъе баккун бугеб шагьримоцӏалъ реэдулел руго дир пикраби. Моцӏрое хӏалае лъугьун, хьолбохъ кенчӏолел цӏвабзазги кумек гьабун, битӏахъего лъедолей йиго дун хӏикматаб тӏохьол гӏишкъул карачелабазулъ.\nЛъикӏал тӏабигӏатазул ах — гьадинаб хӏикматаб цӏар кьураб тӏехь хъвана Дагъистаналъул муфтияс. Тӏатӏала юссун, чанго нухалда цӏаланиги, цӏидасанги ракӏ гьеб ахикье цӏала. Лъималазеги, гӏолилазеги, гьоркьохъеб ригьалъул гӏадамазеги, гӏумруялъул бакъ щинкӏун унезеги — киназего гьеб тӏехь ккола рекӏеда кьаву чӏвазе толареб рухӏияб ирслъун. Тӏоцебе гьеб цӏалидал, дир рекӏелъ рещтӏараб асаралъул хӏакъалъулъ бицине рагӏабицин гӏолел гьечӏо. Гӏумруялдехун букӏараб бербалагьиги хисана, пикрабазул чвахиги хисана. Хӏалбихьана дирго цо-цо гӏамалал хисизаризеги. Битӏарабги буго — лъикӏлъи бекьани, гьелъ кьолеб бачӏинги цӏакъго бечедаб букӏуна. Гьелъул хӏасилалда гьулчун рачӏуна лъикӏлъиялъул карачелал. Гьез нилъер ракӏазулъаги ракьалдасаги — киса-кибего хъамула квешлъи. Ва лъикӏал тӏабигӏатазул ахикь бижараб пихъил букӏуна гӏажаибго берцинаб тӏагӏам. Санал аниги, инсанасул гӏумру лъугӏаниги, ракьалда хутӏула лъикӏал гӏамалаздаса гьес гӏезабураб ах. Гьенир хӏухьбахъизе рещтӏараз ракӏалдещвезавизе вуго щибаб лахӏзаталъ гьеб ахил бетӏергьан.\nРакьалда лъикӏлъиялъул лъалкӏал тей — гьеле щивасул парзги суннатги. Дуцаго гьабураб лъикӏлъиялъ цогидал талихӏаллъун гьарулел ругони, гьелдаса кӏудияб рохел щибха букӏинеб!? Гьеб рохел букӏине буго дур гӏумруялъул сангарлъунги. Гьеб рохелалъ роцӏинабураб гӏумруги дуегоги лъугьине буго лъикӏал тӏабигӏатазул ахлъун.\nГьеле гьединаб, цо-цоккун чӏарал гъутӏбузул лъугьараб гӏажаибго хӏикматаб ахикь гӏумру гьабулеб буго рикӏкӏен гӏемерал муридзабаз рухӏияв эменлъун рикӏкӏунев Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандица.\nИсана августалда 25 сон тӏубана гьев муфтилъун таралдаса. Къоло щуябго соналъ гӏезабулеб буго гьес жиндирго лъикӏлъабазул ах. Къойидаса къойиде, соналдаса соналде тӏегьалеб буго гьеб. Ва гьениб гьоболлъи балеб буго дицаги.\nГьаб гьитӏинабго макъалаялда бицун бахъинаро Ахӏмад-апандиясул лъикӏлъабазулги тӏадегӏанлъиялъулги хӏакъалъулъ. Ракӏалдещвезаризе рокьун руго гӏадамазе пайда кӏудиял цо-цо ишал.\nСоциалиял проектал\n1) «Инсан» — гурхӏел-рахӏмуялъул фонд.\nФондалъ хӏалтӏи байбихьана Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталда. Гьелъул хӏакъалъулъ дица цебеги хъван букӏана газеталда. Гӏумруялдехун билараб божилъи гӏадамазухъе тӏадбуссинаби — гьеле фондалъул аслияб хӏалтӏи: гурхӏел-рахӏмуялъул акциял, мискинзабазе кьолеб садакъа, бесдаллъималазул къисматалъе гьимараб бакъ, бакъулаб хинлъигун чиякъазухъе, чадикъазухъе, унтаразухъе рещтӏараб нур. Фондалъ кумек гьабула цохӏо дагъистаниязе гуребги. Масала, гъоркьиса 11,5 млн. гъуршиде росарал кванил нигӏматаздалъун кумек гьабуна Сириялъе.\n2) 2003 соналда Махӏачхъалаялда кьучӏдасанго бухӏана сакъатал лъималазул школа. Гьелъул хӏасилалда хвана 31 лъимер. Гӏемер заман ана школа букӏараб бакӏалда хутӏараб чӏобогояб ракьул дагӏба-рагӏиялда. Гьеб суал роцӏинабуна муфтиясул квербакъиялдалъун. Гьесул жигаралдалъун гьениб бана лъимал ракӏалдещвеялъул парк.\n3) Балеб буго унго-унголъунги халкъияблъун лъугьараб Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб рухӏияб центр. Гьелъулги мурад — гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул рухӏиял, культуриял ва цогидалги миллиял бечелъабазул цолъи. Центр лъугьине буго дагъистаниязул рухӏияб гъанситолъун.\n4) «Маидат» рестораналда рагьун буго сордо-къоялъул бокьараб заманалда ресукъал кваназе рес бугеб столовая. Гьелъие къваригӏунаро я талон яги гӏарза.\nЛъайкьеялъул проектал\n1) Муфтиясул квербакъиялдалъун республикаялъул тахшагьаралда рагьана А. Юсуповасул цӏаралда бугеб школа ва «Алжаналъул хӏанчӏи» абураб ясли-ах.\n2) 2006 соналда рагьараб гуманитарияб колледжалда лъай босула нус-нус гӏолилаз.\n3) 2004 соналда рагьараб гуманитарияб институталда кьола дунявиябги диниябги лъай.\nКӏудияб кӏвар кьолеб буго Ахӏмад-апандияс теологал, лингвистал, экономистал, журналистал хӏадур гьариялде.\nСахлъицӏуниялъул проектал\n1) Ахӏмад-апандиясул жигаралдалъун 2011 соналда Махӏачхъалаялда рагьана С. Башларовасул цӏаралда бугеб медицинаялъул колледж.\n2) Исана Махӏачхъалаялда рагьана 120 унтарасе бакӏ бугеб шагьаралъул №3 больница. Гьелъиеги квербакъана Ахӏмад-апандияс. Гьенир хӏалтӏулел руго лъикӏазда лъикӏал тохтурзаби. Медицинаялъул алаталги руго бищунго лъикӏазул цоял. Гьенибго буго поликлиникаги.\nВа цогидалги ишал…\n1) 2001 соналда хӏалтӏизе лъугьана исламалъулаб дунялалъул бицунеб инфомациялъулаб «Ислам. Ру.» портал.\n2) 2002 соналда къватӏибе бачӏана «Ислам» журнал.\n3) 1994 соналда къватӏибе бачӏараб «Ас-салам» газеталъул тираж бахана 160 азаргоялде. Гьеб биччала Россиялъул халкъазул ичӏго батӏияб мацӏалда. Редакциялъул советалде гьоркьове уна Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-апандиги.\nБокьун гьечӏо гьаб хӏикматаб ахикьа нахъе ине.\nГьаниб бижараб щибаб гъотӏол буго жиндирго къиса. Гьел къисабаз къалъизабулеб буго гӏадамазул гӏумру…\nРухӏдаллъизе бачӏуна гьесул гӏумруялда, нус-нус муридас жидерго рухӏияв эменлъун рикӏкӏунев инсанасда. Унго-унголъунгиха гьес бахъулеб хӏаракат батӏиял диназул гӏадамазул ишалги ракӏалги цолъизаризе. Киса-кивего- маслихӏатазда, насихӏатазда, гара-чӏвариязда…\nРакьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас гьесда тӏадкъан букӏун бугеб цӏакъго кӏудияб жавабчилъиялъул иш. Гьелъие ритӏухъавлъун хутӏарав, Дагъистаналъул рухӏияб гъанситохъ гвангъун рекӏараб цӏалъун наслабазе хутӏизе вугев гӏажаибго хӏайранаб къисматалъул инсан, Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандиясе гьаризе бокьун буго гӏадамазе пайдагун тӏамулеб бугеб гӏумруялъулъ гӏицӏго тӏогьолаб шагьра…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2878-pensiyal-ul-reforma", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2878-pensiyal-ul-reforma", "title": "Пенсиялъул реформа", "date": "2018-09-18 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Щаклъизе тӏамуна\nХехго пенсиялде ине ихтияр щвезе ккани, чан соналъ хӏалтӏизе кколел?\n15-20 соналъ хӏалтӏарав чиясул анищ букӏуна, херлъиялда бан кьолеб пенсиялъухъ балагьун чӏечӏого, мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде ине. Гьединаб ихтияр букӏуна №400 федералияб законалъул №6 бетӏералда рекъон.\nЦебеккунго пенсиялъул страховияб бутӏа щола: захӏматалъул стажалъухъ балагьун (аскариязе, педагогазе, спасателазе, шахтеразе ва гь.ц.) ва социалиял шартӏазухъ балагьун (Рикӏкӏадаб Севералда яги гьелде бащалъизарурал бакӏазда хӏалтӏаразе, лъимал гӏемерал улбузе, канлъукъал инвалидазе, рагъулал лъугьа-бахъиназда лъукъаразе ва гь.ц.). Гьединазул букӏине ккола 15 соналдаса дагьаб гьечӏеб захӏматалъул стаж. Гьеб букӏин тасдикъ гьабула лицевой счеталъул баяназги, моцӏрол харж кьурал ведомостазги, банкалдаса справкабазги, кагътида хъван рукӏарал къотӏиязги ва цогидал документазги.\n«За выслугу лет»\nГьеб тайпаялъул пенсия кьола, законалда рекъон, рагъулаб хъулухъалда рукӏаразе, космонавтазе, летчиказе, испытателазе, пачалихъиял идарабазул хӏалтӏухъабазе. Цебеккунго пенсия кьеялъул тартиб хъван буго №166 федералияб законалда. Аскариязул букӏине ккола 20 соналъул стаж, летчиказулги, испытателазулги, космонавтазулги — 25 яги 20, пачалихъиял хъулухъчагӏазул — 15. Бюджетиял идарабазул хӏалтӏухъанасул стаж рикӏкӏуна лъагӏалида жаниб 12 моцӏалъ гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏараб заманги хӏисабалде босун.\nАслияб пенсиялде тӏаде кьолеб гӏарац чӏезабула гӏаммаб стажалъул хӏисабги гьабун. Масала, пачалихъияв хъулухъчиясул гӏаммаб стаж 15 соналдаса дагьаб бугони, пенсиялде тӏаде кьола хъулухъалъул окладалъул 45 процент. 15 соналдаса цӏикӏкӏараб стажалдаса тӏаде араб щибаб лъагӏелалъухъ тӏадеги кьола лъабго процент, пенсиялъул къадар моцӏрол харжалъул 75 проценталде бахинегӏан. Испытателазеги, космонавтазеги, аскариязеги пенсиялъул бищунго тӏадегӏанаб роценлъун чӏезабун буго моцӏрол харжалъул 85 процент, ахирисеб 10 соналъул харжги хӏисабалде босун.\nСакъатлъиялъул пенсия\nПачалихъалъ кумек гьабула социалияб рахъалъ цӏуничӏел гражданазе. Балугълъиялде вахун хадуб цогӏаги къоялъ хӏалтӏарав ва гьеб къоялъухъ хӏалтӏудасан Пенсиялъул фондалде гӏарац рехарав сакъатав чиясул ихтияр буго, законалда рекъон, болжал щвелалдего пенсиялде ине. Хӏалтӏизе тӏубанго бажаруларев яги цо-цо хӏалтӏаби гьаризе кӏоларев чиясе кьола батӏияб тайпаялъул пособие.\nСеверияб стаж\nЗаконалда рекъон, хасал шартӏал ругел бакӏазда хӏалтӏарал гӏадамазе ихтияр кьола пенсиялде унеб заман хех гьабизе. Гьединаб бакӏлъун рикӏкӏуна Крайний Север яги гьелда бащалъизарурал районал. 50 сон барал бихьиназеги 45 сон барал руччабазеги ихтияр буго пенсиялде ине, гьел ччугӏихъабилъун, ритӏучӏал хьихьун яги чанахъабилъун хӏалтӏун ратани.\nБищун дагьаб стаж\nПачалихъалъ чӏезабун буго пенсиялде ине ихтияр кьолеб бищун дагьаб захӏматалъул стажги. Законалда рекъон, пенсиялъе хӏажалъулеб бищун дагьаб стажалдехун тӏалабал цӏикӏкӏинаризе руго, гьеб 15 сониде бахинегӏан. 2025 соналде пенсиялде унев чиясул букӏине ккола 15 сонил захӏматалъул стажги пенсиялъул 30 баллги. Гьел гӏоларев чи хӏалтӏизе ккезехъин вуго жеги щуго соналъ. Хӏажалъулелдасаги дагьаб заманалъ хӏалтӏарал гӏадамазе, хӏухьбахъиялде ун щуго лъагӏел бан хадуб кьезе рихьизарун руго социалиял выплатаби."}
{"slug": "2879-rasul-khiamzatov-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2879-rasul-khiamzatov-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "title": "Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 95 сон тӏубаялде", "date": "2018-09-18 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хъахӏал къункърабазул 32-абилеб роржен\nДида бихьула цӏа дир инсул гъасда\nХӏамзатил Расул. Гьадин гӏадатго хъван буго шагӏирасул зонода. Гьал къоязги къваридго ватила гьев. Гьесухъе, Таргъуялде, 14-абилеб нухалдаги роржун рачӏунел руго хъахӏал къункъраби, жидерго даимаб кечӏги цадахъ босун. Цинги шагӏиргун цадахъ гьез сапар бухьуна Хунзахъеги, Гъунибеги, Дербенталдеги… — киса-кибего.\nЩайдай къварид вугев къарнудал шагӏир? Гьесул къункърабазул къваридаб сариналъул сан гьабулеб гьечӏо жакъасеб къоялъ. Живго шагӏирасул гьаракьги рагӏулеб гьечӏо тӏадчагӏазда — гӏагараб мацӏалда гӏарада речӏчӏулеб буго…\nРачӏа шагӏиргун ва гьесул Хъахӏал къункърабигун цадахъ сапар бухьине.\nМахӏачхъала\nГӏурус театралда данделъун рукӏана кӏудияв шагӏирасул махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ бицине. Тадбиралда гӏахьаллъана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидов, хӏукуматалъул председатель Артем Здунов, Россиялъул регионаздаса хъвадарухъаби ва шагӏирзаби, журналистал ва шагӏирасул шигӏраби рокьулел дагъистаниял. Бицана Расулилги гьесул шигӏрабазулги хӏакъалъулъ. Бицана шагӏирзабаз кӏудияб рокьигун ва адабгун адабияталъул бакъул бищунго гвангъарал чӏоразул цоявлъун кколев Хӏамзатил Расулил хӏакъалъулъ.\nАхӏана гьесул рагӏабазда кочӏохъабаз кучӏдулги. Гьеб рохалилаб ахӏвал-хӏалалда бугеб халкъалда рагӏулеб букӏун батилищха «Щай дие къваригӏун бугеб Дагъистан, дир гьаракь бахъани дир лъималахъа…», — йилан ахӏдолев шагӏирасул гьаракь. Тадбир лъугӏизегӏан магӏу бацӏцӏунелги чанги рукӏана. Рекӏел унти цо букӏана — Расулица асарал хъвараб мацӏалъе жакъа къор гъолеб буго нилъецаго нилъерго Дагъистаналда. Гьелъул хӏакъалъулъ букӏун батила 32-абилеб нухалда Дагъистаналде роржун рачӏарал Хъахӏал къункърабазул кечӏги, ахӏиги, бухӏиги…\nХунзахъ\n9 сентябрь. Гӏагараб ракьалъ кӏодо гьабулеб буго тӏалъиялъул цӏар мугӏрузул тӏогьазда хъварав Хӏамзатил Расул гьавуралдса 95 сон тӏубай. Магӏарул адабияталъул тахшагьарлъун рикӏкӏунеб Хунзахъ районалде рачӏун рукӏана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Россиялъул регионаздаса, Белоруссиялдаса, Узбекистаналдаса шагӏирзаби ва хъвадарухъаби, цогидалги гьалбал. Гьел рачӏун рукӏана шагӏирасул инсул гъасда даим бакараб цӏадул хинлъиялъухъе, гьесул лъимерлъидал кӏалгӏадухъе, тӏоцебе кечӏ къватӏибе боржараб хӏикматаб минаялъухъе, гьитӏинав Расул чанги харарав кьурабазухъе. Гьеб киналъго, кверги ккун, нухарегӏун вукӏана вукӏинесев шагӏир кӏудияб дунялалде.\nГьесул шигӏрабазул ракӏлъун даим хутӏизе бугеб Цӏада росулъ рагьана Поэзиялъул рукъ. Гьалбал щвана шагӏирзабазул рукълъун лъугьараб Хӏамзатилги Расулилги музеялде, гьитӏинаб росу машгьур гьабурал инсуеги васазеги рарал памятниказухъе ( Хӏамзат, Расул, Хӏажияв). Ва «Хъахӏал къункъраби» мемориалияб комплексалда цебе байбихьана байрам.\nГьенибго, тадбиралъул ахиралда, «Хунзахъ районалъул хӏурматияв гражданин» абураб цӏарги муниципалитеталъул медалалги кьуна Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Залму Батировалъе ва Мухӏамад Ахӏмадовасе.\nДербент\nГьениреги гьоболлъухъ щвана Дагъистаналъулги Россиялъул регионаздаса рачӏаралги хъвадарухъаби. Гьалбал щвана шагӏирасул цӏар кьураб шагьаралъул №20 школалдеги.\nГьалбадерица тӏугьдул лъуна Сулейман Стальскиясул ва Низами Гянджевил памятниказда цере. Щвана гьел Нарин-хъалаялдеги.\nХӏамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тӏубаялде гӏемер батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏана республикаялъул щибаб шагьаралда, районалда ва росулъ. Гьедин цоги нухалда цолъизаруна гьитӏинаб росдал кӏудияв шагӏирас Россиялъул халкъал. Гьединаб буго шагӏирасул поэзиялъул магӏнаги — гьудуллъи, вацлъи, цолъи.\nЦӏидасанги данделъун рукӏана Поэзиялъул театралда. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана Россиялъул позиялъе сайгъат гьабураб адабияталъул байрам.\nГьединго шагӏирасул шигӏрабаз данде гьарун рукӏана библиотекабаздаги, школаздаги, культураялъул рукъзабахъги. Ва киса-кибего рагӏулеб букӏуна «Дир Дагъистанилан» ахӏулеб шагӏирасул рекӏел гъварилъудасан бачӏунеб ахӏи.\nГъуниб\nХъахӏал къункърабазул кечӏ тӏоцебе гьанисан, борхатаб Гъунисан, рагӏана дунялалда. Гьале гьаб нухалдаги гьелъухъ гӏенеккизеги, шагӏирасул шигӏрабазул байрамалде рачӏаразе бицинеги, цӏуне дунял абураб шагӏирасул ахӏи цоги нухалда ракӏалдещвезабизеги гьенире щвана Москваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, Италиялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Крымалдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса гьалбал. Тадбиралде рачӏаразда адабияталъул байрам баркана Гъуниб районалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Жахӏбар Къебедовас, культурияб централъул нухмалъулей Патӏимат Абакаровалъ ва цогидазги. Гьалбадерицаги бицана кӏудияв шагӏирасул асаразул хӏакъалъулъ. Гьединго байрамалде рачӏарал щвана шагӏирасул юбилеялъе сайгъат гьабураб выставкаялдеги.\nРайоналъул культураялъул кӏалгӏаялъуб гьалбадерие кьуна Расулил рагӏабазда ахӏулел кучӏдузул концерт. Гьезие кӏудияб асар гьабуна мугӏрузул улкаялъул кьурдабазги. Гьединго гьалбал щвана Тӏасияб Гъуниреги. Лъай-хъвай гьабуна магӏарул халкъалъул тарихалъул бицунел бакӏазулгун.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2880-kumek-khiazhat-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2880-kumek-khiazhat-bugo", "title": "Кумек хӏажат буго", "date": "2018-09-18 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Гьитӏинав Айдемирил гьари\nАкопов Айдемирил буго 4 сон. Гьев вуго хехго бицараб жо бичӏчӏулев, махсара-хочӏ бокьулев, тарбия щварав вас. Гьесухъе гьоболлъухъе унаго, дица гьесие босана торгӏо. Сайгъаталдаса гьев вохана, амма нечадго бадибчӏвайги гьабуна – дуца дие таманчаго босун букӏарабани, торгӏо дихъа лъималаз бахъула, гьезда хадув векерун дихъаги бажаруларо.\nАйдемир унтун вуго ДЦПялъ. Лъагӏел байдай, лъана гьесул гъоркьияб рахъ хӏалтӏизе гьечӏеблъи. Гьелдаса нахъе байбихьана эбел-инсуца Айдемирие дару-сабаб гьабизе. Бичана машина, гӏарац-месед, кинабго буголъи. Хутӏана чияр рокъор. Амма аслияб мурад тӏубана – гьезул хирияв Айдемир гьезда аскӏов вуго. Жакъа гьесие цӏакъ хӏажатаб жо буго инвалидазулаб коляска, кверазда ва бохдузда рухьунел хасал тоторал. Гьел щвезелъун лъабго соналъ иргаялда руго гьел. Къого килограммалдасаги бакӏлъи цӏикӏкӏарав вас, коляска гьечӏолъиялъ, кодов ккун ваччизе кигӏан захӏмат бугониги, васасул эбел Диана гӏадамазда кумек гьаризе намуслъана. Жидедаса цӏикӏкӏун унтаралги чанги ругин, пачалихъалъ кьезегӏан сабру гьабун чӏелин абулаан гьелъ. Гьанже ине бакӏ тӏагӏана, жакъа гьаризе ккана нужеда кумек. Дараби щвечӏони, васасул эпилепсия байбихьизе рес бугин лъазабун букӏана тохтурзабаз. Ахираб заманалда кӏиго нухалъ эпилепсиялъул унти бачӏана гьесде. Гьелъул хал-шал гьабизе ине ккола Москваялде, гьабизе ккола ботӏрол МРТ. Сордо-къо лъачӏого хӏалтӏула гьесул эмен Асхӏаб. Кумекалъе чи гьечӏев инсуда кӏолеб гьечӏо гьеб киналъего гӏарац бакӏаризе. Щивас, дагьаб бугони, кӏвараб кумек гӏарцудалъун гьабуни, рес буго Айдемирил къварилъи бигьа гьабизе — кватӏун ккелалде, гьесул цояб бох сахгьабизе.\nАйдемирие кумек гьабизе бокьарал кӏалъай гьаб номералде: 8989-872-29-83\nСбербанкалъул гьаб счеталде рехизе бегьула гӏарац — 4276 3800 7303 2745."}
{"slug": "2944-tarki-tau-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2944-tarki-tau-2018", "title": "«Тарки-Тау — 2018»", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏахьаз данде гьаруна\nИсана анкьабилеб нухалда тӏобитӏулеб буго\nДагъистаналда тӏахьазул выставка-ярмарка\n20 сентябралда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб библиотекаялда тӏобитӏулеб буго «Тарки-Тау — 2018» абураб цӏаралда гъоркь тӏахьазул выставка-ярмарка. Исана гьеб тӏобитӏулеб буго анкьабилеб нухалда. Выставка-ярмаркаялъул ва гьенир тӏоритӏизе ругел батӏи-батӏиял тадбиразул хӏакъалъулъ бицана «Тарки-Тау — 2018» проекталъул нухмалъулел Марат Хӏажиевас ва Саид Ниналаловас. Тӏахьазул выставка тӏобитӏизе кумек гьабулеб буго ДРялъул Информатизациялъул, бухьеналъул ва гӏаммал коммуникациязул министерствоялъ ва ДРялъул Культураялъул министерствоялъ.\nИсанасеб выставка-ярмаркаялда гӏахьаллъана Москваялдаса адабияталъул критик Галина Юзефовичги. Выставка-ярмаркаялда гӏахьаллъулел руго «Литературияб газета», «Политика ва экономика» газетазул вакилзабиги.\n«Тарки-Тауялъул» тӏоцебесеб къоялъ миллияб адабияталъул ва хъвадарухъабазул хӏакъалъулъ бицана. Расул Хӏамзатовас 95 сон тӏубаялде Шапи Казиевас хъвараб «Расул Хӏамзатов» абураб тӏехьалъул презентацияги тӏобитӏана.\nВыставка-ярмарка халатбахъине буго 22 сентябралде щвезегӏан.\nВыставкаялъул кӏиабилеб къоялъ хъвадарухъан Мариям Ибрагьимовалъ 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда, гьелъул «Имам Шамил» абураб тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицунеб данделъиги тӏобитӏизе буго.\nЛъималазул адабияталъул къоялдайин абуни, миллияб библиотекаялде рачӏарал гьитӏинал цӏалдохъабазе рес щвезе буго Дагъистаналъул пачалихъияб ясикӏабазул театралъ бихьизабулеб «Хъазал-хӏанкъваби» абураб ясикӏабазул спектаклялъухъ ралагьизеги. Гьединго «эркенаб микрофоналдасан» бокьараб кечӏ рекӏехъе рикӏкӏинеги бегьула лъималаз.\nВыставка-ярмарка тӏобитӏулаго, номинациязда рекъон, выставкаялда лъуразда гьоркьоса бищунго лъикӏал тӏахьал тӏасарищизе руго ахирисеб къоялъ."}
{"slug": "2945-podpiska-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2945-podpiska-2018", "title": "Подписка — 2018", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кидаго гуро почалъул хӏалтӏухъанасдаги гӏайиб букӏунеб\nГазета кватӏизабуни, цӏалдолезул къадар дагьлъула\n«Хӏакъикъат» газета цӏалулезул гӏарзал рукӏуна гьеб жиндир заманалда щоларин абун. Хасго гьединал гӏарзал гӏемер рачӏуна мугӏрузул районазул росабалъа. Амма камулел гьечӏо почтальонасде тӏубанго гӏайиб рехизе рекъечӏел гӏарзалги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Шамил районалъул Мачӏада росулъа Хӏажиев Мухӏамадицаги тарихалъул учитель Шехмухӏамадов Хӏажицаги гӏарз гьабуна «Хӏакъикъат» щвечӏелдаса лъабго моцӏ бугилан. Гьелъие гӏилла лъазабиялъул мурадалда байбихьана цӏех-рех гьабизе. Масала, Гӏурада росулъ бугеб почалъул отделениялъул начальник Расул Нурмухӏамадовас абуна: «Гьидерил росабазул бищунго гӏемерал газетал хъвараб росу букӏана Мачӏада. Гьенив хӏалтӏулев почтальон Махӏмуд вуго хӏалтӏиги бокьулев, бокьараб тӏадкъайги заманалда тӏубазабулев чи. Амма, бащдаб ставкаялда хӏалтӏизе кколев вукӏиналъ, гьесие ункъазарго гъуруш гурони харж щоларо. Махӏмудица хӏалтӏудаса нахъе ине цебего гӏарза кьун буго, мукъсанаб харжалда гьесул бакӏалда хӏалтӏизе чи щоларого, гьев нижеца гьарун заманалъ чӏезавунги вуго. «Хӏакъикъат» щвечӏелдаса лъабго моцӏ бугилан абулеб жоялда дун божуларо. Дица гьелъул мухӏканлъи лъазабила ва, хадубккун дунго унги, газетал хъваразухъе жиндир заманалда поч щвезабичӏого теларо», — ян.\nМачӏада росдал почтальон Махӏмудица бицана подпискаялъул компаниялда почалъул начальникас щивав росдал почтальонасе кьолила газетал хъваялъул план. Гьеб план жиндихъе кватӏун гурони щвечӏила, бихьизабураб заман ахиралде щолеб букӏиналъ, план тӏубаялъул мурадалда, кидаго «Хӏакъикъат» хъвалев росдал 13 чиясеги районалъул «Цолъи» газета хъвалев анцӏго чиясеги, жинцаго гӏарацги кьун, гьаб соналъул бащдаб лъагӏалие газеталги хъванила.\n«Гьезухъе газетал кватӏизе, камизе течӏого щвезарулаан. Газетал хъвараб бащдаб лъагӏел индал, нахъеги чӏорого гьел хъвазе дир рес букӏинчӏо, «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабазги жидецаго газета хъвазе гӏамал гьабичӏо. Хъвачӏеб «Хӏакъикъат» гьезухъеги кинха щвелеб?» — ан бицана Махӏмудица.\nХӏакъикъат баян гьабидал, учитель Шехмухӏамадов Хӏажица абуна, гьеб бугила жидерги почтальон Махӏмудилги кӏиязулго гӏайиб. Чан моцӏалъ газета хъван бугебали жидецаги балагьичӏила, гьаб соналъул кӏиабилеб бащалъиялъе «Хӏакъикъат» хъвазе кколин абун Махӏмудги школалде вачӏинчӏила.\n«Хӏакъикъат» хъваялъул рахъалъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бициндал, Мачӏада росдал бегавул Хирамухӏамад Гъазимухӏамадовасги абуна гьеб масъала къалмиде босанин, газета хъваялъе бажарараб кумек гьабизе рагӏи кьолин.\nРеспубликаялъул УФПСалъул директорасул заместитель Искандер Мухӏамадовас бицана районазде поч щвезабиялъул масъала цебего тӏубазабунин. Квеш ккараб жо бугила районазул отделенияздаса поч росабалъе кватӏун босулеб букӏин.\nХӏурматиял почазул отделениязул нухмалъулел, «Хӏакъикъаталъул» кумекчагӏи-почтальонал. Гьале тӏаде щун буго газетал хъваялъе бихьизабураб заман. «Хӏакъикъат» хъвалезул къадар цӏикӏкӏин, гьайгьай, нужедаги бараб буго. Кватӏизе ва камизе биччачӏого, цӏалдолезухъе щвезабулеб бугони, «Хӏакъикъат» хъвалезул къадар цӏикӏкӏина, гӏарзалги дагьлъила. Гьединлъидал кӏудияб гьари буго «Хӏакъикъат» хъваялъе квербакъи гьабеян ва, кватӏун гурони щоларин абун, цӏалдолезул ругел гӏарзалги лъугӏизареян.\nНури Нуриев"}
{"slug": "2946-balagab-l-uga-bakh-in", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2946-balagab-l-uga-bakh-in", "title": "Балагьаб лъугьа-бахъин", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Сириялда ккараб къварилъи\nГӏизраилалъ ургъунго гьабураб ишцин гуребдай?\n17 сентябралъул сардилъ, сагӏат 10 тӏубалеб гӏужалда Сириялда хъулухъ гьабулел Россиялъул аскариязул «Ил-20» самолет радараздаса тӏагӏана ва гьелъулгун бухьенги къотӏана. Гьеб заманалда самолет тӏадбуссунеб букӏана Хмеймималъул авиабазаялде.\nГьабсагӏаталда самолеталда рукӏарал гӏадамалги самолетги балагьулел руго РФялъул Рагъулаб ралъдал флоталъул микьго гамаялъул экипажазулги спасателазулги кумекалдалъун. Гьезухъ руго 2,5 азарго километралъул гъварилъуде ине рес кьолел аппаратал. Ратун руго цо-цо жаназабазул бутӏабиги, самолеталда рукӏаразул къайиги, самолеталъул кескалги.\nРФялъул МИДалде ахӏун йикӏана Москваялда вугев Гӏизраилалъул посоласул заместитель. Бащдаб сагӏат бана гьелъ гьениб. Къватӏие ячӏараб мехалда, журналистазул суалазе жавабал кьезе инкарги гьабуна гьелъ.\nБитӏахъе къварилъи ккараб заманалда Гӏизраилалъул самолетаз бомбаби рехулел рукӏана Латакия шагьаралда ругел Сириялъул объектазде. Бомбаби рехулел рукӏана «F-16» самолетаз. «Гӏизраилалъул самолетаз ургъунго лъугьинабуна ралъдадасан лъедолел гумузеги гьаваялдасан роржунел лайнеразеги хӏинкъи бугеб хӏал», — ан бицана РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул вакил Игорь Конашенковас.\nГьесул пикруялда рекъон, Гӏизраилалъул авиациялъул нухмалъулездаги «F-16» самолеталъул летчиказдаги «ИЛ-20» бихьичӏого букӏине рес гьечӏо. РФялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу телефоналдасан кӏалъана Гӏизраилалъул оборонаялъул министр Авигдор Либерманихъе. «Жакъа дица гьесда лъазабуна, данде жаваб кьечӏого, гьединал ишал нижеца толарин абун. Щивав махщелчиясда бичӏчӏулеб буго, нилъер самолетги гьоркьоб ккун, ай гьелде Сириялъул ПВОялъ кьвагьизе гьечӏеблъиги хӏисабалде босун, гьабураб иш гьеб букӏин», — ан абуна Сергей Шойгуца министерствоялъул данделъиялда.\nРоссиялъул президент Владимир Путиницаги лъазабуна, Оборонаялъул министерствоялъул пикруялда тӏадрекъолин живилан.\n«Нилъер-чияр»\nРоссиялъул самолет кьвагьизабуна Россиялдаго гьабураб ракетаялъ. Гьел ракетабазда лъун руго «нилъер-чияр» абураб къагӏидаялъул электрониял аппаратал. Гьелъул кумекалдалъун ракетаялда лъазе кколаан нилъерабго самолет бортизабизе бегьулареблъи. Щайха гьеб хӏалтӏичӏеб? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго рагъулав эксперт, генерал-лейтенант Айтеч Бижевас. Гьесул пикруялда рекъон, «Ил-20» самолеталда аскӏор рукӏарал Гӏизраилалъул истребителаз рехсараб системаялъе жаваб кьолеб букӏана «чияр» абун. Гьелде тӏадеги, ракет-зениталъулаб комплекс гӏуцӏун буго къуватаб сигнал кколеб къагӏидаялда, гьединлъидалги рес буго нилъер самолеталъ ракета жиндаго тӏаде цӏазе.\nНилъер самолеталда нахъа Гӏизраилалъул «F-16» бахчун букӏанин абураб пикру загьир гьабулеб буго Россиялъул рагъулав летчикасги. «Ил-20» буго басрияб, «Ил-18» самолеталъул кьучӏалда гьабураб. Гьеб дагьабго цӏигьабун буго ва гьелда лъун буго радиоэлектронияб аппаратура, амма гьеб буго хӏинцаб, ракетазде дандечӏолел ишал гьаризе бакӏаб. Жинде ракета биччан бугеблъи бичӏчӏараб «F-16» гьелда нахъа бахчунги буго. Гьелде кьвагьана С-200 комплексалъул ракета: бихьизабураб гӏужалдаса кьуруларо гьеб. Букӏарабани кьвагьун С-400, Гӏизраилалъул истребитель гьелъукьа борчӏулароан», — ин баян кьуна летчикас."}
{"slug": "2947-tiabigiat-tsiuni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2947-tiabigiat-tsiuni", "title": "Тӏабигӏат цӏуни", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рацӏцӏалъиги къваригӏун, заводалги гьечӏого\nКагътидаго хутӏарал проектал\nЗавод бана, амма…\nРеспубликаялда рищни-къул батӏа гьабун къачӏалеб заводалъул хӏакъалъулъ бицунеб микьгоялдаса цӏикӏкӏун сон буго, амма харбидаса рикӏкӏаде иш инчӏо.\n2012 соналъул 17 июлалда Махӏачхъалаялда рагьун букӏана республикаялдаго «тӏоцебесеб» рищни-къул батӏа гьабулеб завод. Гьеб бан букӏана муниципалияб гӏуцӏиялъул хӏаракаталдалъун ва инвесторазул кумекалдалъун. Завод балаго кигӏанасеб гӏарац тӏад хвезабурабали лъачӏо. Гьениве хӏалтӏизе восизе вугин абулеб букӏана 150 чи. Гьединго хьул букӏана мехелалда жаниб рищни-къулалъул 600 тонна къачӏазе. Гьеб проект ургъараблъун бихьизабулеб букӏана Хӏажимурад Абакаров ва Имам Зайнутовазул инвестициязул компания. Компаниялъул цӏарги кибго бихьизабун гьечӏоан. Заводалъе нухмалъи гьабулев вукӏарав Хӏусейн Хӏусейновас гьеб къаялъе гӏиллалъун чӏезабуна жибго жинцаго «хӏебтӏулареблъун» букӏин. Къватӏиса гӏарац тӏад хвезабичӏого, заводалъул жиндирго гӏарац букӏинчӏо. Заводалде рищни-къул баччаралъухъги гьеб заводалда батӏа гьабун къачӏаралъухъги лъица гӏарац кьезе кколебали низам чӏезабун бажаричӏо. Гьединлъидал «рихьдаего» бан букӏараб заводги лъагӏел сверилалде сихӏкъотӏун къана. Гьединго гӏумруялде рахъинаричӏого, кагътидаго хутӏана Хасавюрт шагьаралда ва Гъизилюрт районалда разеян къотӏи-къаял гьарун рукӏарал заводалги.\nРощнолъ тӏерхьинегӏан\nинвесторалги нахъчӏван…\nДагъистаналъул нухмалъиялъ батӏи-батӏиял соназ батӏи-батӏиял улкабаздаса инвесторазул проектазул халгьабуна. Амма жеги цогӏаги завод бан бахъинчӏо.\n2013 соналда Бразилиялъул инвестораз абулеб букӏана жидеца базе бугин Дагъистаналда гьединаб завод. 2015 соналда рищни-къул батӏа гьабиялъул кластералъул проектгун Дагъистаналде вачӏун вукӏана «СоюзЭко» ОАО компаниялъул генералияв директор Анатолий Егоров. Амма гьел проекталги тӏад ургъизеян «гъансинир» лъун тана.\n2016 соналдаги республикаялда рищни-къул батӏа гьабулеб лъабго завод рагьизе бугин лъазабун букӏана ДРялъул инвестициязул ва предпринимательствоялъул агентствоялъ. Рищни-къул батӏа гьабулеб комплексалда жаниб щугогӏаги завод гӏуцӏизе ракӏалда бугин абулеб букӏана гьеб проект ургъарав Concord Capital компаниялъул вакил Арсен Рашидовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, республикаялдаго гӏодобе балеб рищни-къул, рак ва цогидабги батӏи-батӏияб кьищни цогидаб материалалде буссинабизе бажаризе букӏана гьединаб заводалда. Электричествоги заводалъ чияр босизе кколарин, жидецаго гьабизе бажарулин абулеб букӏана. Лъагӏалида жаниб 500-600 азарго тонна рищни-къулалъул къачӏазе ракӏалда букӏана проекталъул нухмалъулезда. Амма заманалдасан гьелъулги хӏохькъотӏана.\nГьебго соналъул риидал, «тӏоцебесеб» хӏалбихьиялъулаб рищни-къул батӏа гьабулеб завод хӏалтӏизе биччанин абун хабар къватӏибе биччан букӏана республикаялъул телевиденияздасанги цогидал информациялъул алатаздасанги. Банин бихьизабураб заводги, хӏалтӏизецин байбихьичӏого, къана.\n2018 соналъул февралалда Австриялдаса ва Германиялдаса инвесторазул компанияз Гъизляр районалда базе бугин рищни-къулалъул заводилан лъазабун букӏана. Гьелъул кумекалдалъун республикаялъул нухмалъиялда ракӏалда букӏана республикаялъулго рищни-къул гьеб заводалде буссинабизе. Республикаялдаго рищни-къул базе лицензия бугеб полигон буго гӏицӏго Гъизляралда. 2007 соналдаса нахъе гьенибе Гъизляр шагьаралдаса ва районалдасаго рищни-къул баччулебги буго.\nЩай инвесторазулгун рагӏи\nдандекколареб?\nДагьал церегӏан къоязда, Дагъистан рищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабиялъул хӏакъалъулъ бицине, тӏобитӏараб дандчӏваялда «Улкаго чороклъиялдаса бацӏцӏад гьаби» абураб тӏолгороссиялъулаб халкъияб фронталъул (ОНФ) нухмалъулев Зайдин Жамбулатовасги бицана рищни-къул батӏа гьабун къачӏалеб завод баялъул хӏакъалъулъ.\n«Нилъер республикаялда рищни-къул батӏа гьабулеб завод базе къваригӏун бугин бицунелдаса нахъе 25 сон буго. Гьеб заманалда жаниб администрациялъул хӏалтӏухъабиги республикаялъул нухмалъулелги чанго нухалда хисана. Хӏажалъани, завод базе тӏадегӏанал технологиязда хӏалтӏулел гӏемерал специалисталги руго нилъер.\nЕвропаялъул улкабазда, экологияб рахъги цӏунун, тӏолабго рищни-къул батӏа гьабун къачӏаялъул багьа кколеб буго 70 евро. Нилъер гьанибин абуни, рищни-къул бакӏари, гьеб полигоналде баччи анцӏ-анцӏ нухалъ учуз буго. Гӏадамал гьелде ругьунлъунги руго. Рищни-къулалдаса сверухълъи бацӏцӏад гьабиялде гӏадамал кантӏулел гьечӏо гьелъул махӏалъ ва чороклъиялъ жидеего тӏагӏам бахъи гьабун хадур гурого.\nМахӏачхъала гӏадинаб шагьаралъе хъулухъ гьабизе ккани, къватӏиса пачалихъазда гӏадаб завод базе миллиард евро къваригӏуна. Нилъехъа гьединаб завод бан киданиги бажаруларо. Республикаялда разеян рихьизарулел заводазул багьа ккола 40 ва цӏикӏкӏун миллион евро. Рищни-къулалъул цогидаб батӏияб материал гьабизе ккани, къуватаб завод къваригӏуна. Гьединаб заводалъул багьа 100 миллион евроялде бахуна.\nКъватӏисел пачалихъаз щай рищни-къулалъул заводал раялда тӏадчӏей гьабулеб бугеб?! Гьелдалъун гьез жидерго туризм цебетӏезабула. Чорокаб бакӏалда туризм букӏине рес гьечӏо. Нилъер ралъдал рагӏал буго шагьаралъулго цӏикӏкӏараб бутӏа чороклъиялъул жанибе чвахулеб бакӏ. Гьединаб бакӏалде хӏухьбахъи гьабизе туристал рачӏинищ?\nТурциялде вачӏарав туристас гьезул улкаялда тола гьоркьохъеб хӏисабалда 516 евро. Нилъер гьанибин абуни, туристал рачӏаниги, гьез лъабго-ункъо нухалъ дагь хвезабула гӏарац. Гьелъие гӏилла ккола туристас гьанир дагьал къоял ралел рукӏин ва ралъдал рагӏалги лъимги чорокаб букӏин. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъ тӏадчӏун халгьабулеб буго инвестораз рищни-къул батӏа гьабун къачӏалеб завод базеян рихьизарулел ругел проектазул. Ракӏалде ккола завод баялъул суал кватӏичӏого тӏубалин.\nГӏадатияб халкъги, нухмалъиялъухъги балагьун, гьелъ щибдай гьабилаян балагьун чӏун букӏун жо кколаро. Шагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏадамазда бичӏчӏизе ккола, нилъеца завод базе ва гьеб хӏалтӏизе ккани, гьелъие хӏалтӏиги дагь ва бигьа гьабизе кколеблъи. Рищни-къул рокъосаго батӏа гьабизе ругьунлъани, заводалъеги хӏалтӏи бигьалъила. Нижер масъала буго, телевидениялдасан, СМИяздасан бицун, гьеб къагӏидаялде халкъ ругьун гьабизе» — ян абуна Жамбулатовас.\nМантӏикъ абула логикаялда. Гӏадамазда цеве вахъун, щиб букӏаниги бицунелъул мантӏикъ цӏунизе ккола. Балагьеха, рокъоса батӏи-батӏияб рощнол лъабго къвачӏаги босун, щолев вуго мун рощнол къалал ругелъуве, гьениве щвейгун гьеб дур «хӏаракат» инехъин буго цого къолонибе. Щиб гьелъул ккараб?\nГьанжеги телин ругин батӏи-батӏияб рищниялъе хасал къалалги. Бачӏун цо машинаялъ гьезда жаниб бугеб хас гьабун бараб рищниялъул добго карщ гьабизехъин буго.\nЦин гӏадамал «куцалалде», гьелъие шартӏал гӏуцӏизе ккола. Рехизе бакӏги батичӏого, чан нухалъ сумкаялъуб къазабулеб конфеталдаса бахъараб кагъатцин. Бицине лъарасе хӏанин, хӏанчӏизе лъарасе нахин абула. Я бицунелъул, я гьабулелъул магӏна гьечӏого хутӏун руго нилъ.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "2948-zhkkhyal-ul-tarifal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2948-zhkkhyal-ul-tarifal", "title": "ЖКХялъул тарифал", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Моцӏида жаниб ЖКХялъухъ кигӏан гӏарац кьолеб къватӏисел улкабазда?\nГьеб суалалъе жавабал ралагьана «АиФалъул» журналистаз\nКанада: газ – гьеб буго квегӏенлъи\n«АиФ в Архангельске» абураб газеталъул редакторлъун хӏалтӏулей йикӏарай Евгения Давыдовалъул хъизамалъ гӏумру гьабулеб буго Канадаялъул Торонтоялда. Гьезул буго таунхаус – 180 квадратияб метр бугеб лъабтӏалаяб минаги машина лъолеб кӏиго бакӏги. Чан гъурушха кьолеб гьелъухъ Давыдовалъ?\n«Канадаялда гьечӏо мина хинлъизабулеб яги бухӏараб лъедалъун хьезарулеб гӏаммаб къагӏида. Щибаб минаялда гьеб буго батӏа-батӏаго. Минабахъ гӏумру гьабулел гӏадамаз ЖКХялъухъ гӏарац кьола, счетчиказул баяналги кьочӏое росун. Нижер гъоркьарокъоб бугеб лъим хинлъизабулеб къалиги печьги хӏалтӏула газалда. Ахирал соназда токалъухъ багьаби зодоре рахинаруна ва токалъ рукъзал хинлъизарулел гӏадамазухъа гьелъухъ уна гӏураб гӏарац, масала, хасало кьезе ккола щибаб моцӏалъ 300-400 Канадаялъул доллар (14,4-19,2 азарго гъуруш). Исана роол моцӏазда нижеца кьезе ккана гӏицӏго газалъухъ 160 доллар (7,7 азарго гъуруш), цогидал моцӏазда гьеб къанагӏат гурони бахунаро 100 долларалдаса тӏаде (4,8 азарго гъуруш), ва риидал – 40 долларалде (1,9 азарго гъуруш).\nРиидал цӏикӏкӏун гӏарац уна токалъухъ. Октябралдаса маялде щвезегӏан нижеца бухӏана 3,4 азарго гъуршиде ток, амма риидал, ай кондиционер хӏалтӏулеб заманалда, моцӏрое кьезе ккола 7,2 азарго гъуруш.\nСчетчикалда рекъон, щибаб моцӏалъ лъехъ кьола 1,4 азарго гъуруш, нижер къолониса кьишни баччаралъухъ кьола 599 гъуруш (гьеб батӏа-батӏаго бакӏарани, мухьго босуларо). Хасало гӏазу нахъе хъваштӏаралъухъги риидал минаялда гӏагарлъухъа хер бецаралъухъги ва сверухълъиялда рацӏцӏалъи гьабуралъухъги щибаб хъизамалъ кьола щуазаргониги гъуруш.\nКиналъулго хӏисаб гьабуни, гӏаммаб къагӏидаялъ ЖКХялъухъ нижеца щибаб моцӏалъ кьола 320-340 Канадаялъул доллар (15,5-16,3 азарго гъуруш). Бищун дагьаб моцӏрол харж щолев чиясе – Онтариоялда цо сагӏаталъ хӏалтӏун щола 14 доллар (670 гъуруш) – гьеб гӏарац гьабула лъабго къоялъги хӏалтӏун».\nГермания: щай цӏарагӏ чурулареб?\nГерманиялъул Франкфурталда гӏумру гьабулеб буго «АиФалъул» йикӏарай хӏалтӏухъан Вероника Шмидтица. Гьелъул хъизамалда вуго лъабго чи, ва гьез гӏумру гьабула 93 квадратияб метр бугеб лъабго рукъалъул квартираялъуб. Мина буго ункътӏалаяб, гьениб буго 16 квартираги лифтги.\n«Германиялда жалго бетӏергьанал рукъзал ругезулги ижараялъе рукъ ккуразулги къадар гӏага-шагарго бащалъула. Нижеца гӏумру гьабула ижараялъе босараб рокъоб. Гьелъухъ моцӏрое кьола 72 азарго гъуруш. Гьелде тӏадеги кьола 21 азарго гъуруш коммуналиял хъулухъазухъ: рукъалъул налогги, страховкаги, кьишни баччаралъухъги, подъездалдаги азбаралдаги рацӏцӏалъи гьабуралъухъги, рукъ хинлъизабуралъухъги, лъехъги, лифталъухъги, подъездалда бакараб чирахъалъухъги, ахихъанасеги. Германиялда бищун дагьаб моцӏрол харж буго 108 азарго гъуруш. Лъагӏалил ахиралда бачӏуна «талихӏалъул кагъат», гьелда бихьизабун букӏуна ЖКХялъухъ хӏакъикъаталда нижеца кьезе кколебги кьун бахъарабги гӏарац. Къанагӏат гурони букӏунаро нижеца цӏикӏкӏун гӏарац кьеялъул хӏужа (гьедин бугони, тӏокӏлъараб гӏарац тӏадбуссинабула), гӏемерисеб мехалда 21-22 азарго гъуруш налъи батула.\nГьеб бараб букӏуна цӏатариялъул багьаялдаги, гьава-бакъалъул хинлъи-цӏороялдаги, хъизамалъухъа экономия гьабун бажариялдаги. Цо-цо минабазде хинлъи кьола котельнаялдаса, цогидал минабазул щибаб квартираялда руго газалъул алатал. Щибаб батарейкаялда лъун буго термостатгун цадахъ вентиль – цӏакъго хинлъани яги пуланаб рокъоб хинлъизабизе хӏажалъичӏони, вентиль къазе бегьула.\nНижеца тӏасабищараб тарифалда рекъон, къаси сагӏат анкьгоялдаса радал анкьго тӏубазегӏан ва гьатӏанкъоязда тӏубараб сордо-къоялъ ток букӏуна учузго. Лъимги, токги, газги, хутӏараб кинабгоги хӏалтӏизабула хъизамалъе зарал ккеларедухъ. Масала, немцазул рокъоб дида бихьана кинабго цӏарагӏ кверал чурулеб бакӏалдеги бан, тӏаде цӏарагӏ чурулеб сапунги тӏун, хӏеккине толеб. Хадубккун гьеб лъелъа къватӏибеги бахъун хӏалтӏизабула. Хулизецинха хулуларо. Гьеб жо гӏадлъун бихьана дида», — ян бицана Вероникаца. Жидее щолеб моцӏрол харжалъул 40 процент рукъалъул ижараялъухъги ЖКХялъул хъулухъазухъги унин абуна гьелъ.\nБельгия: цӏорорал\nбатареязул пайда букӏуна\n«АиФалъул» цоги хӏалтӏухъан Мария ван Валенгхейм ригьнаде ана Бельгиялде. Гьез гӏумру гьабула Брюгге шагьаралда ижараялъе босараб лъабтӏалаяб минаялъуб. 150 квадратияб метр бугеб рукъалъул ижараялъухъ гьез кьола моцӏрое 700 евро яги 50 азарго гъуруш. Гьелде тӏадеги коммуналиял хъулухъазухъ уна 18 азарго гъуруш. Бельгиялда гьоркьохъеб моцӏрол харж бахуна 145 азарго гъуршиде.\nКоммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гӏарцул хӏакъалъулъ гьадин бицана Марияца: «Бельгиялъулаз цӏодорго хӏалтӏизабула лъимги, хинлъиги, токги. Кранги рагьун, гъадаро чурулеб бихьани, гьезул цӏакъ рахӏатхола. Киналго рукъзал цадахъго киданиги хинлъизаруларо. Къаси къотӏизабула батарейкабазде бачӏунеб хинлъи: «гӏакъилаб рукъ» абураб къагӏидаялъ жинцаго гьел ракула рогьалилъ. Кьижулеб рукъ букӏуна цӏорораб, амма бельгиялъулаз гьеб сахлъиялъе пайдаяблъун рикӏкӏуна», — ян.\nИспания: лъим къотӏизабула\nбокьараб заманалда\nИспаниялда бищун дагьаб харж буго 62 азарго гъуруш. Елена Аласил хъизамалъ босана Испаниялъул Кальп абураб шагьаралда микьтӏалаялъул минаялъуб 100 квадратияб метралъул рукъ. Аскӏобго буго лъималазул ахги, лъималазул майданги, гьитӏинабго бассейнги, теннисалъул кортги.\n«Гьеб киналъухъго нижеца моцӏрое кьола 225 евро яги 16,2 азарго гъуруш. Гьелда гьоркьобе уна рукъалъул налогги, гаражги, страховкаги; бассейналда, подъездалда ва азбаралда рацӏцӏалъи гьабиги, ахихъанасул мухьги, коммуналиял хъулухъалги, Интернетги. Батарейкаби нижер гьечӏо, амма хӏалтӏула кондиционер. Лъим хинлъизабула газалъ. Коммуналиял хъулухъазухъ мухьги жидецаго бахъула банкалъул картаялдаса. Гьелда батичӏони гӏураб къадаралда гӏарац, хъвала налъи ва электронияб почалде кагъат битӏула. Цадахъго свинабула ток, газ яги лъим», — ан бицана Еленаца.\n«АиФалдаса» босараб"}
{"slug": "2949-l-ikiab-tadbir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2949-l-ikiab-tadbir", "title": "Лъикӏаб тадбир", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Какги ахӏана, рузманги бана\nШамил-имам Калуга шагьаралдаса нахъе аралдаса исана тӏубала 150 сон\nИмамас гьеб шагьаралда гӏумру гьабуна 9 соналъ (1859-1868). Дагьаб цебегӏанин абуни имамас гӏумру гьабун букӏараб рокъоб какги ахӏана, рузманалъул какги бана. Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Гӏалиасхӏаб Хархачаевас:\n— Цо заман букӏана имамас Калугаялда гӏумру гьабулеб букӏараблъи бакӏалъулал гӏадамазда нилъедасаги цӏикӏкӏун лъалеб. 1985 соналда Калугаялде щвараб мехалда, жамгӏияб транспорталдаги рекӏун унаго, дица гӏадамазда цӏехолеб букӏана Шамил-имамас гӏумру гьабулеб букӏараб минаялде кин ине кколевилан. Цӏех-рех гьабуразул 10-ясда гьоркьоса 8-яс бицана мухӏканаб адрес. Гьелдалъун бихьулеб букӏана Калуга шагьаралъул гӏадамазда имамасул хӏакъалъулъ лъалеб букӏараблъи. Имамас гӏумру гьабулеб букӏараб минаялъуве лъугьиндал, дида дандчӏвай гьабурай цо гӏаданалъ абуна гьаниб Шамил-имамасул хӏурматалда гӏуцӏараб бокӏонги бугилан. Доб заманалда гьединаб бакӏ батилин лъидаха ракӏалде кколебго букӏараб. Битӏараб бицани, дун хӏикмалъун хутӏана гьединаб бакӏ батидал, гьениб хъвараб баян битӏараб букӏинчӏониги. Доб заманалда имам рикӏкӏунев вукӏаралъулха Англиялъул жасуслъун, турказ витӏарав чилъун. Кин батаниги, калугаялъулаз цӏунун батана имамас жаниб гӏумру гьабураб рукъ. 1997 соналда Махӏачхъалаялда къабул гьабураб документалда рекъон, Махӏачхъалаги Калугаги лъазаруна вацлъиялъулал шагьараллъун, ва дунги тана Калугаялда вугев Махӏачхъалаялъул вакиллъун. Доб мехалда Калугаялда гӏумру гьабун вукӏана шагьаралъул Жамгӏияб палатаялъул член Шагьбазов Султӏан. Гьесул кумекалдалъун бажарана Шамил-имамас чӏей гьабун букӏараб рокъоб музей рагьизеги.\n2013 соналъул 28 апрелалда, имам Шамил-имамасул цӏаралда бугеб музей рагьулеб тадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана муфтияталъул вакилзабиги. Баркала буго нилъер муфти, шайих Ахӏмад-апандие, гьесул кӏудияб кумек щвана гьеб рагьиялъе гьабулеб хӏалтӏуеги. Доб мехалда мавлидал цӏалана, дугӏа гьабуна музеялда цебе бугеб къотӏноб. Исанасеб тадбир тӏобитӏулелъулги гӏемераб хабар бицине ккана шагьаралъул нухмалъулезда, гьезда бичӏчӏизабуна тӏобитӏулеб бугеб мажлисалъул пайда. Хадуб диналъул вац Нурмухӏамадида тӏадкъана как базе 15 чи данде гьавейилан. Жеги цӏикӏкӏун чиясе бакӏ гьениб гӏезе букӏинчӏо. Цӏараб болжалалде гьел гьенире данделъана ва Дахадаев районалдаса Калугаялда гӏумру гьабун вугев Мурад Мухӏамадовас какги ахӏана, Нурмухӏамадица имамлъиги гьабун, рузманги бана. Гьебги ккана ахираб 150 соналда жаниб гьениб тӏоцебесеб нухалда ахӏараб ва бараб как.\nМухӏамадрасул Мухӏамадов"}
{"slug": "2951-barkalayal-ul-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2951-barkalayal-ul-kag-at", "title": "Баркалаялъул кагъат", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Хӏеж тӏубан тӏадруссана\nХӏажизабазе хъулухъ гьабуна «щуйил» къиматалда\nЦебе нилъер гӏадамал жалго ине кколаан, кинаб бугониги туристазулаб фирмаги балагьун, гьелъул кумекалдалъун хӏежалде. Сапаралъ рахъиндал, кинаб бугониги къварилъиялде ккани, кумек щвечӏого хутӏиялъул хӏужабиги гӏемер рукӏана. Гьединго хӏужаби кколаан визабиги рачӏинчӏого, гӏарацги нахъе щвечӏого хутӏиялъулги.\nГьеб кинабго хӏисабалдеги босун, исана Ленинаул, Калининаул, Алмахъ росабазул имамзабазул хӏукму ккана рехсарал росабалъа хӏежалде унезул къокъаялъе нухмалъи гьабизе Калининаул росдал имам Гӏабдулвагьабов Мухӏамадрасул-хӏажиги, гьесул кумекчагӏилъун Ленинаул росдал имам Абубакаров Гӏамиргӏали-хӏажиги, Гӏумаров Хӏабиб-хӏажиги тун, лъабабго росдал гӏадамаздасан цо самолеталъул рейсалъе гӏураб къокъа гӏуцӏизе. Кинабго хӏалтӏиги тӏубана гьев лъабавго чияс, хӏежалде унев 129 чиясул цонигияв къватӏиве вахъинеги ккечӏого. Кин батаниги, рейсалъе гӏурал лъабабго росдал гӏадамалги данделъичӏого, «Марва» турфирмаялъ нижер къокъаялде тӏаде жубана Дилим росулъа Мухӏамадгъазиев Мухӏамадрасул-хӏажицаги Гӏумаров Юсуп-хӏажицаги нухмалъи гьабулеб 86 чи вугеб кӏиго къокъаги.\nХӏежалде унезе нухмалъи гьаби кӏвар цӏикӏкӏараб суал букӏин хӏисабалдеги босун, хӏежалъул суал тӏубазабулел нухмалъулезул цевехъан Темирбулатов Казим-хӏажица, «Марва» турфирмаялъул бетӏерав директор Къурбанов Булатида цадахъ, июнь-июль моцӏазул щибаб гьатӏан къоялъ дандеги ракӏарун, хасал дарсал кьуна ва экзамен кьезе кӏвечӏезе хӏажизаби рачун ине ихтиярги кьечӏо. Гьез гьабураб хӏалтӏиги кьочӏое босун, нижер къокъаялъул нухмалъулез байбихьана щибаб шамат, итни къояз хӏеж тӏубаялъул дарсал кьезе. Гьелъул хӏасилалда, хирияб ракьалде щвелалде, щивав чияс лъазарун рукӏана хӏежалъул рукнаби, Хӏарамалъул ракьалда гьаризе бегьулелги бегьуларелги жалазул баянал. Гьединаб хӏадурлъигун 8 августалда 129 чияс сапар бухьана хирияб ракьалде.\nНижеда цадахъ рукӏана руччабиги. Гьезие малъа-хъвай гьабизе тӏадкъан букӏана Ленинаул росдал имам Абубакаров Гӏамиргӏали-хӏажил лъади Абубакарова Гӏайишат-хӏажида. Гьелъги тӏадкъараб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго тӏубана. Ниж, хасго тӏоцере хӏеж борхулел, хӏинкъун рукӏана гьенир кӏудиял захӏмалъаби рукӏинин абун, амма, тӏоцебе Аллагьасулги хадуб нухмалъи гьабизе таразулги кумекалдалъун, берцинго хӏежги борхана, гӏемерал зияратаздеги щвана.\nГостиницаялдаса Хӏарамалде ине кколаан кӏиго автобусги хисун. МашаАллагь, «Марва» турфирмаялъул нухмалъиялъ хӏалтӏи гӏуцӏун бугоан тӏадегӏанаб даражаялда. Дагъистаниязе кумек гьабизе тӏамун ратана Мисриханов Шамил, Халилулаев Муртазгӏали ва Мухӏамадов Сулайман. Гьез гӏадин ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏи гьабулел чагӏиги дида рихьичӏо. Гьезул хӏаракаталдалъун цо диналъул яцалъул билараб телефонцин кодобе щвана.\n25 сордо-къо Хӏарамалъул ракьалдаги бан, хӏеж тӏубаялъул киналго шартӏалги тӏуран, 2 сентябралъул радал ниж Махӏачхъалаялъул аэропорталда самолеталдаса рещтӏиналде, Мухӏамадрасул-хӏажицаги, Гӏамиргӏали-хӏажицаги, Хӏабиб-хӏажицаги хӏадурун ратана росулъе рекӏине «Икарус» автобусал. Нижеда дандчӏвазе рачӏарал росабазул жамагӏат бихьидал, рохалие гӏорхъиги букӏинчӏо. Гьениб мажлисги гьабун, руччаби-хӏажизабазе махӏ берцинал тӏугьдузул квацӏабиги кьолаго, руччабаз руччабазда, бихьиназ бихьиназда хӏеж тӏубай баркана ва хӏажизаби жиде-жидер рокъоре нухда тӏоритӏана.\nАхиралдаги, дие бокьун буго хӏажизабазул рахъалдасан тӏадехун цӏарал рехсарал ва рехсечӏого хутӏарал диналъул вацазеги яцазеги ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабизе.\nСагӏит Алтумирзаев"}
{"slug": "2953-daruyab-pikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2953-daruyab-pikh", "title": "Даруяб пихъ", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Багӏараб жакки: витаминазул гъамас\nБидул тӏадецуй цӏикӏкӏунел чагӏазе пайдаяб нигӏмат\nЧӏарада районалдаса Мусаев Хӏамидица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «МашаАллагь, исана магӏарухъ бижун бугебщинаб жакки (тӏогьи). Нижер гӏадамаз гьеб къанагӏатги хӏалтӏизабуларо. Амма абула гьеб цӏакъ даруяб пихъ бугилан. Гьелъул пайдаялъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталда» хъвани, гӏемерав чиясе кумек букӏинаан»,-илан.\nЖаккиялъул бугеб пайдаялъул хӏакъалъулъ бицана тохтур, чӏахӏ-хералъул кумекалдалъун унтарал сахгьарулев Идрисов Гӏумарица.\nБагӏараб жаккидул пихъ витаминазул гъамаслъун рикӏкӏуна. Гӏинтӏиялъулъ, гъацӏиялъулъ ва чӏегӏергорцӏоялъулъго гӏадин, жаккиялъул пихъилъги рукӏуна гӏемерал витаминал. Жаккиялъул пихъил нусго грамм квани, инсанасе щола къоялъ гӏурал А ва С, гьединго 5-7 къоялъ гӏураб Р витаминал. Жаккиялъул пихъ квине бегьула гъотӏодасаго бетӏунги бакъвазабунги, гьелъул гьабула квасгун сокги.\nГӏемераб мехалъ нахъе цӏуниялъул мурадалда пихъ бетӏизе ккола аскӏоб бугеб тӏамахгун цадахъ ва цӏунула цо градусалъул цӏорой бугеб бакӏалда.\nЖаккиялъул пихъ барщула сентябралда, амма, кьогӏлъи иналъул мурадалда, гъотӏодаса гьеб бетӏула хаслихълъиялъул тӏоцебесеб цӏорой рехидал. Пихъилъ рукӏуна гӏемерал витаминал гурелги черхалъе пайдаял жалги. Цӏакъго гӏемер буго витамин С (70 мг), ай лимоналъулъ ва чӏегӏераб смородинаялъулъ бугелдаса цӏикӏкӏун. Руго Е, К, Р, РР витаминал. Витамин А (каротин) ламадуралъулъ бугелдаса гӏемерго цӏикӏкӏун буго. Гьединго сахлъиялъе пайдаяб магний (331 мг), калий (230 мг), фосфор (17 мг), натрий ва кальцийги буго гьелъулъ. Пихъил кьогӏаб тӏагӏам букӏиналъе гӏилла ккола гьелъулъ сорбиновая къанцӏа букӏин. Гьеб ккола тӏабигӏаталъул консервант ва микробазул тушман.\nСахгьариялъе хӏалтӏизарула жаккиялъул пихъ гуребги тӏанхалги, тӏегьги, хьонги макъарги. Жакки хӏалтӏизабула чорхол иммунитет цӏикӏкӏинабиялъеги витаминаздалъун хьезабиялъеги. Гьелъулъ бугеб А витаминалъ херлъи рикӏкӏалъизабула ва рак унтудаса цӏунула, бидул тӏадецуй, холестерин гӏодобе ккезабула. Гьелъ кумек гьабула би чӏезабиялъе, кӏващул масъала тӏубаялъе, бидурихьал щула гьариялъе. Пихъил гӏиналъ квербакъула щитовидалъулаб железаялъул хӏалтӏи рукӏалиде ккезабиялъе. Халкъияб медицинаялда бищунго гӏемер хӏалтӏизабула жаккиялъул тӏанхазул, тӏугьдузул ва макъаралъул гьагӏу. Макъаралъул гьагӏу хӏалтӏизабула бидул тӏадецуялде данде, тӏугьдузул гьагӏу — чехь-бакьазул, тӏулал ва ургьисалабазул унтабазда данде. Жаккиялъул пихъил мурапаялъ хасало рукӏунел «къватӏул» унтабаздаса цӏунула. Щибаб къоялъ цо чайдул гъуд мурапаялъул квани, рекӏел ва бидурихьазул сахлъи рукӏалиде ккола.\nБакъвазабураб жаккиялъул пихъилъ цӏунун хутӏула киналго витаминал. Гьеб гуребги, бакъвазабулаго, гьелъулъ цӏикӏкӏуна микроэлементазул, чакаралъул къадар. Бакъвазабураб пихъил хӏадуризе бегьула гьагӏу ва компот. Пихъ бакъвазабула кагътида яги ххамида тӏад, цо гъат гьабун. Гьеб бакъвазабизе бегьула рагӏдукьги лъун, зама-заманалдасан багъа-бачаризабулаго. Бакъвазабураб пихъ лъикӏаб буго цӏорол банкабахъ цӏунизе.\nЖакки хӏалтӏизабулеб бугони, лъикӏлъула бидурихьазул хӏал, дагьлъула инфаркт, инсульт ва бидул тӏадецуй ккеялда бугеб хӏинкъи. Жаккиялъул гьагӏуялъ кумек гьабула простатиталдаса цӏуниялъеги. Щибаб къойил 30 грамм пихъил кунеб бугони, рукӏалиде бачуна тӏулал ва чехь-бакьалъул хӏалтӏи, квербакъула чорхол цӏайи гӏодобе ккезабиялъе.\nЦебе руччабаз багӏараб жакки хӏалтӏизабулаан лъимер ккеялдаса цӏуниялъе.\nНекӏо заманалдаса нахъего ясаз жалго берцин гьариялъе жаккиялдаса пайда босулаан. Гьелъул сокалъул яги чухӏараб пихъил лосьоназ ва маскабаз дандекъазарула тӏомол гӏисинал картӏал (поры), инарула рукӏкӏалаби.\nЖаккиялъул пихъ хӏалтӏизабизе бегьуларо: чорхолъ би хьвадиялъул гӏунгутӏи бугез, би бетулез (гемофилия, тромбофлебит), инсульт яги инфаркт ккун букӏараз. Дагьаб гурони пихъ хӏалтӏизабизе бегьуларо чехь-бакьалъул унтаби ругезги. Бидул тӏадецуй дагьал чагӏазда лъазе ккола жаккиялъ гьеб жеги гӏодобе ккезабулеблъи.\nБагӏараб жаккиялъул пихъ рикӏкӏуна инсанасе пайдаяблъун, амма лъикӏаб букӏина тохтурасда дандбан хӏалтӏизабизе.\nНури Нуриев"}
{"slug": "2956-milliyab-pressayal-ul-bukiineseb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2956-milliyab-pressayal-ul-bukiineseb", "title": "Миллияб прессаялъул букӏинесеб", "date": "2018-09-24 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13-16 сентябралда Элистаялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб журналистазул форум\n«Миллияб пресса жакъа» абураб цӏаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб журналистазул форум тӏобитӏана кӏиабилеб нухалда. Гьелда гӏахьаллъана Россиялъул 12 регионалдасаги, Китаялдасаги, Монголиялдасаги СМИязул нухмалъулелги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб инсанасул ихтиярал цӏуниялъулги гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулги советалъул членалги ва цогидал хӏаракатчагӏиги. Форумалда гӏахьаллъана Россиялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловги. Бицунеб букӏана регионалиябги миллиябги прессаялда церечӏарал аслиял масъалабазул хӏакъалъулъ.\nКалмыкиялъул бетӏер Алексей Орловас, форумалде хитӏаб гьабулаго, абуна миллияб прессаялде букӏине кколеб кӏварбуссинабулеб ва гьелъие хӏажатаб кумек гьабулеб гьечӏин. Калмыкиялда гьеб иш лъикӏ гӏуцӏун бугинги бицана гьес.\nРФялъул Пачалихъияб Думаялъул миллиял ишазул комитеталъул председатель Илдар Гӏилмудиновас бицана, халкъазда гьоркьосел бухьеназул хӏакъалъулъ хъвалел СМИязул рахъалъ пачалихъалъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. 2018 соналда Роспечаталъ масс-медиаялъе кумек хӏисабалда биччанин 68 млн гъурушин абуна гьес. «Ниж хӏадур руго печаталъулгун массовиял коммуникациязул федералияб агентствогун цадахърекъон хӏалтӏизе, регионалиял СМИязе гьез кьолеб гӏарцуде тӏаде жеги гӏарац жубазе. Улкаялъул хӏукуматалда бичӏчӏулеб буго гьелъул бугеб кӏвар.\nДун кӏицӏул дандчӏвана миллияб политикаялъе нухмалъулев Виталий Муткогун. Гьелъул хӏасилалда цӏикӏкӏинабуна миллияб печаталъул цебетӏеялъул пачалихъияб программаялде биччалеб гӏарац. «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб закон къабул гьабулеб мехалдаги нижеца цӏунана рахьдал мацӏал малъизе бугеб россиялъулазул ихтияр, хасго законалда хутӏизабуна школалъул программаялда «рахьдал мацӏ» абураб дарс.\nРФялъул президентас кватӏичӏого гъолбасине буго рахьдал мацӏалъе кумек гьабиялъул рахъалъ федералияб фонд гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ указалда гъоркь. Масала, калмык мацӏ. Цӏалул тӏахьазул федералияб сияхӏалда гьабсагӏаталда гьечӏо калмык мацӏалъулги адабияталъулги цӏалул тӏехь. Хӏасил, гьеб букӏинабизе регионалъе кумек гьабизе ккола», — ян бицана Гӏилмутдиновас.\nРФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб миллиял ишазул рахъалъ экспертияб советалъул член, РФялъул миллатазда гьоркьосеб журналистикаялъул гильдиялъул председатель Маргарита Лянгеца абуна, РФялъул Журналистазул союзгун цадахъ жидеца халкколин миллиял бухьеназул бициналъулги рахьдал мацӏазда хӏалтӏулел СМИязулги ихтиярал цӏуниялда хадуб. Гьединлъидалин, абуна гьелъ, Россиялъул тӏолабго прессаялде биччалеб гӏарцул 86 процент щолеб буго регионалиял СМИязухъе. Лянгел пикруялда рекъон, централдаса рикӏкӏадегӏан ругел газетазги журналазги жигаралда гӏуцӏизе ккола пачалихъалъулгун бюджетиял бухьенал.\nРФялъул Журналистазул союзалъул (СЖР) председатель Владимир Соловьевас кӏварбуссинабуна журналистазул ихтиярал цӏуниялде. «СЖРалда церечӏарал масъалаби гӏемер руго, амма аслияб ккола журналистазул ихтиярал цӏуни. Гьеб ккола берзукьа бикъараб, амма гьоркьоса къотӏичӏого гьабулеб хӏалтӏи. Журналистазул ихтияразда хъинтӏараб яги редакция къараб мехалда, гӏемерал кагътал ритӏула регионазул нухмалъулезухъеги, федералияб прокуратураялдеги, судаздеги.\nСЖР ккола Журналистазул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул (МФЖ) бутӏа. Гьебин абуни ккола дунялалдаго бищун кӏудияб журналистазул гӏуцӏи. Гьелда гьоркьобе уна журналистазул 186 миллияб гӏуцӏи. Гъоркьиса хасалихъе хисизабуна МФЖалъул членасул документ кьолеб къагӏида. Гьеб документалъ кьола гӏемерал бигьалъаби – батӏи-батӏияб транспорталда учузго рекӏине, чӏобого ва иргаялда чӏечӏого дунялалъул музеязде ине. 20 сентябралда нижеца къотӏи гьабизе буго Россиялъул Музеязул союзалъулгун – халкъазда гьоркьосеб федерациялъул членлъун вугев журналистасе улкаялъул тӏолалго музеязде эркенго ине рес кьеялъул хӏакъалъулъ.\nБигьалъаби руго СЖРалъул членлъун вугев журналистасеги. Масала, гьабсагӏаталда Чӏегӏерралъдал рагӏалда 29 санаториялда ругел нилъер журналистазухъа босула риидал 14 проценталъ ва хутӏараб заманалда 20 проценталъ дагьаб гӏарац. Къотӏи гьабун буго автосервисалдаги «Летуаль» тукабаздаги багьаби учуз гьариялъул хӏакъалъулъги», — ян бицана Соловьевас.\nМуса Азаев"}
{"slug": "2995-mayal-ul-ukaz", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2995-mayal-ul-ukaz", "title": "«Маялъул» указ", "date": "2018-10-01 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Учителасул харж\nПарламенталъул данделъиялда бицине буго цӏалдохъабазул сахлъиялъулги учительзабазул гӏарцулги хӏакъалъулъ\nЦӏияб цӏалул соналде хӏадурлъиялда бан, улкаялъул хӏукуматалъ тӏобитӏараб данделъиялда РФялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильевалъ бицана лъайкьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул харжазул хӏакъалъулъ.\nМинистралъул баяназда рекъон, 2018 соналда 11,6 проценталъ цӏикӏкӏана школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазул педагогазул харжал: 2017 соналда гьезул гьоркьохъеб харж букӏана 29,3 азарго гъуруш, 2018 соналда гьезие щола 32,7 азарго гъуруш. Гӏаммаб лъайкьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул харж январалдаса июналде щвезегӏан цӏикӏкӏана ичӏго проценталъ: гъоркьиса букӏана 38,6 азарго гъуруш – исана щола 42,2 азарго гъуруш. Школалда тӏадехунисеб лъайкьеялъул хӏалтӏухъанасул харж цӏикӏкӏана 20,7 проценталъ (2017 с. – 32,9 азарго гъуруш ва 2018 с. – 39,7 азарго гъуруш). Лицеязул мастерасегун преподавателазе исана щолеб буго 41,2 азарго гъуруш (цӏикӏкӏана 16,4 проценталъ).\nАмма хӏукуматалъул хӏисабал ритӏухълъичӏо Гӏаммаб Россиялъул халкъияб фронталъ тӏобитӏараб цӏех-рехалъул баяналгун. Гьелъул хӏаракатчагӏаз абулеб буго, РФялъул 65 регионалда тӏубазабун гьечӏин президентасул «маялъул» указ. Гьезул баяналги кьочӏое росун, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володиница лъазабуна парламенталъул данделъиялда цебелъезе бугин учительзабазул харжазул хӏакъалъулъ суал. Гьелъие гӏиллалъун ккана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги комитеталъул председатель Олег Смолиница Думаялда гьабураб кӏалъайги. Гьес бицана учительзабазул хӏакъикъиял харжал дагьал рукӏиналъулги цӏалдохъабазул сахлъи загӏиплъиялъулги хӏакъалъулъ.\nЦӏалдохъабазул сахлъиялъул хӏакъалъулъ бицунаго, Олег Смолиница рехсана Россиялъул бетӏерав психиатр Зураб Кекелидзеца кьурал баянал. Гьезда рекъон, сахлъи загӏиплъун буго лъималазул ахикье хьвадулел цӏалдохъабазул 60 проценталъулги школалъул цӏалдохъабазул 70-80 проценталъулги. Парламентариясул пикруялда рекъон, «Лъайкьей» абураб миллияб проекталде тӏаде жубазе ккола жеги лъабго федералияб проект: цӏалдохъабазул сахлъицӏуниялъулги, педагогасул къадру борхизабиялъулги, лъайкьеялъул рахъалда бюрократизация тӏагӏинабиялъулги хӏакъалъулъ.\nВячеслав Володиница абуна, гьел масъалаби ругин улкаялъе цӏикӏкӏараб кӏвар бугел ва гьел парламенталда гьоркьор лъезе кколин. «Щайгурелъул заман щун буго масъалаби лъеялдаса гьел тӏуразариялде гали тӏамизе», — ян абуна гьес.\nКӏиго МРОТалда бащад гьабизе ккола\nГӏагараб заманалда жаниб Пачалихъияб Думаялъул депутатал Олег Смолиницаги Николай Коломейцевасги парламенталъул гъоркьияб палатаялда загьир гьабизе буго педагогиял хӏалтӏухъабазул ставкаялъухъ регионалда бугеб МРОТалъул кӏиго бутӏа букӏине кколин абураб пикру.\n«Учитель» абураб профсоюзалъ 2018 соналъул маялдаго хӏадурана ва РФялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалде битӏана педагогазул моцӏрол харжал кьеялъул къагӏида камилгьабиялъул хӏакъалъулъ жидерго пикру. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулеб къагӏидаялда рекъон, учителасе харж кьола гьес кьолел дарсалги гьелде тӏадеги гьабулеб хӏалтӏул хӏисабги гьабун. Гьелъул квешаб рахълъун депутатаз рикӏкӏунеб буго, цӏикӏкӏараб харж щвеялъул мурадалда, учителас гӏемераб хӏалтӏи жиндаго тӏаде босиялъул хӏасилалда, цӏалдохъабазе щолеб лъай хашлъулеб букӏин. Кӏигогӏанасеб ставкаги букӏун, хӏалтӏулев учителасе рес щоларо щвалде щвараб лъай кьезе, амма гьеб къагӏидаялъ хӏакимзабазе рес кьола моцӏрол харжал цӏикӏкӏинарун ругилан хӏисабал кьезе. Гьебго гӏиллалъун ккола махщел камилал учительзаби школалдаса нахъе иналъе.\nРехсараб профсоюзалъул сопредседатель Всеволод Луховицкияс гьадин бицунеб буго жидеца кьураб проекталъул хӏакъалъулъ: «Нижеца гӏемераб хӏалтӏи гьабуна, гьеб проект хӏадурулаго. Россиялда аслияб масъалалъун хутӏулеб буго учителасул харж дагьаб букӏин. МРОТалдаса дагьаб харж учителасе кьезе гьукъун буго, гьелдаго цадахъ лъазабун буго гьеб регионалда бугеб гьоркьохъеб харжалда бащалъизабеян. Амма гьеб гьабула гъирабазабиялъул бутӏаялдасаги тӏаде кьолеб цогидаб гӏарцул кумекалдалъунги. Гьеб бокьараб заманалда кьечӏого тезе ихтиярги буго. Нижер пикруялда рекъон, учителасул аслияб хӏалтӏухъ кьезе ккола гьесие мустахӏикъаб мухь: анкьида жаниб гьес кьолеб 18 дарсихъ. Гьабсагӏаталда педагогал хӏажаталлъун кколел руго, лъикӏаб харж щвеялъул мурадалда, 1,5-2 ставкаялда хӏалтӏизеги ишцоясул бакӏалда дарсал кьезеги. Гьелъ хашлъизабулеб буго лъайкьеялъул гӏаммаб даражаги», — ян.\nПедсовет.орг сайталдаса босараб"}
{"slug": "2997-tsiiyab-tiekh-dag-istanal-ul-tiabigiat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2997-tsiiyab-tiekh-dag-istanal-ul-tiabigiat", "title": "Цӏияб тӏехь Дагъистаналъул тӏабигӏат", "date": "2018-10-01 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьеб цӏунизе ахӏулел руго Ислам Мухӏамадовас\nПрезидентасул гранталъул кумекалдалъун къватӏибе бачӏана «Дагестан. Туристические маршруты по особо охраняемым природным территориям» абураб Ислам Мухӏамадовас хъвараб тӏехь. Гьелда бицунеб буго Дагъистаналъул заповедниказул, заказниказул ва парказул берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Дагъистан ккола Россиялъул югалъулаб рахъалда бугеб республика. Туристазул киналго ресал руго тӏубараб лъагӏелалъго гьаниб хӏухьбахъизе. Гьаниб щибаб халкъалъ цӏунун руго жиндирго мацӏги, гӏадаталги, халкъиял махшелалги. Гӏадада гурелъулха Дагъистаналда абулеб «географиялъулаб лабораторийиланги», «геологиялъулаб музейиланги», «ботаникалъулаб ахиланги», «зоопаркиланги», «мацӏазул мегӏериланги»…\nТӏабигӏаталъул памятниказ цо хасаб бакӏ ккола Дагъистаналда. Гьабсагӏаталда республикаялда буго гьединаб 300 бакӏ. Гьезда гьоркьорги руго тӏабигӏаталъул заповедник, 12 регионалияб заказник, лъабго федералияб заказник, цо лиманно-плавневияб комплекс, регионалъул бербалагьиялда гъоркь бугеб 28 памятник, бакӏалъулал администрациязул бербалагьиялда гъоркь бугеб лъабго памятник.\nТӏабигӏат ккола нилъер гӏаммаб рукъ. Гьеб киназго цадахъ лъугьун цӏунизеги ккола. Нилъеца хадусел наслабазе тезе ккола бацӏцӏадаб тӏабигӏат.\nТӏехьалдаса пайда босизе бегьула туристаз, цӏалдохъабаз, студентаз ва цогидазги.\nИслам Мухӏамадов,\nДагъистаналъул гӏелмиябгун гӏагараб ракь лъазабиялъул централъул председатель."}
{"slug": "2998-kin-jigej-magiarulaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2998-kin-jigej-magiarulaj", "title": "Кин йигей, магӏарулай?", "date": "2018-10-01 00:00:00", "categories": ["barkiyal"], "text": "Нижер хӏикматай Гӏазра\nГьадинал гӏадамазул рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял…\n1 октябралда 60 сон бала нижер кӏудияй яц, лъикӏай гьалмагъ, 25 соналъ «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда кассирлъун хӏалтӏулей йигей Гӏазра Хӏамзатовалъ. Газеталъул коллективалъул рахъалдасан ракӏ-ракӏалъ баркулеб буго гьелда гьайбатаб юбилей. Хӏурматияй Аза! (нижеца гьедин абула Гӏазрада). Гьарула дуе халатал саназул сахаватаб гӏумру. Гӏумруялда гӏаданлъиялъулги намусалъулги месед бекьараллъун ратаги дуе къисматалъул хадусел свералабиги. Рарал санал — гьел ккола нилъер щивасул гӏумруялъул матӏулъун. Биччанте дур матӏу кидаго гвангъараб, жинда цониги ланг гьечӏеб букӏине. Гьеле гьеб ккола дур къисматалъул борхалъиги. Чанги захӏмалъаби-къварилъабиги нахъа тун ратила дуца, гьеб борхалъиялде яхунаго. Жакъа мун йиго гьеб борхалъиялъул тӏогьий, араб гӏумруялъул хивалазда… Нух битӏаги дуе, нижер хӏикматай Аза, гӏумруялъул хадусел рорхалъабазде.\nРухӏияб берцинлъиялъ хвасар\nгьабулеб батила дуниял\nКигӏан бокьаниги руго дунялалда лъикӏал гӏадамал. Ралагьея сверухъе. Унго-унгоги ракӏ бохуларищ, гьезда берчӏвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб къоялъ нилъее гьимулеб бакъги бакъул чӏоралгун цадахъ нилъехъе талихӏ рещтӏинги. Рогьалил щубилъан гӏурччинаб гӏидраги гьимула нилъее. Гӏидраялда рижарал кьер-кьерал тӏугьдузги салам кьола, рекӏелъ рещтӏараб савуги биун уна, лъикӏал гӏадамал рихьидал. Тӏубараб къоялъ, кигӏан хӏалтӏаниги, свакги лъаларо, къварилъабиги кӏочона, гьезул гьурмада гьими бихьидал. Гьеле гьединал гӏадамазул сабруялъги, хӏеренлъиялъги, недегьлъиялъги, цоцаздехун бугеб тӏалаб-агъазалъги баччун буго дунял. Гьез нилъеда аскӏоса хъамула пашманал пикраби, къварилъиги кӏочон тола, гьелгун ругебгӏан мехалда.\nДир гӏумруялъулъги хасаб бакӏ\nккола Гӏазраца\nГӏумруялъ дие гьабураб сайгъатлъун рикӏкӏуна дица Гӏазралгун лъай-хъвай ккей. Гьеб букӏана ункъо соналъ цебе. Дун хӏалтӏизе лъугьана «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирлъун.\nРакӏалда буго, мунищ нижер цӏияй хӏалтӏухъаниланги абун, гьей дир кабинеталде яккун ячӏараб къо. Гӏажаибаб, рекӏелъе бортулеб гьимиялъ цо хӏикматаб гогьарги рещтӏинабун букӏана гьелъул гьурмада. Гьеб къоялъ гӏемераб хабар бицана нижеца. Рукӏуна гӏадамал, нилъерго ругониги, чияр ругеланищан ккарал, рукӏуна, чияр ругониги, нилъерго ругеланищан ккаралги.\nГьеле гьединай гӏагарайлъун лъугьана диеги Гӏазра. Умумузул гӏакъиллъиялдаса ккола гьаб ирсги — рукӏуна гӏадамал, жал дандчӏвани, цогидазе нухбитӏи кьолел, цо-цо чийин абуни, берчӏван вихьизегицин вокьуларев. Гьелда дун божула. Радалго Гӏазрада берчӏвани, къоялъго битӏула дие нух, пашманлъиялдаги ракӏалдецин кколаро аскӏобегӏан къазе, гьелъул гьимиялъ салам кьедал. Анкькьераб нургицин рещтӏун батилин гьелъухъилан кколеб асар гьабула рекӏее.\nСундулго агъазалда йикӏуна гьей. Масала, дир кабинеталда ругел лъалъачӏого хутӏарал тӏугьдулги рихьула гьелда. Къечарал гьезие лъимги босун, тӏаде щола Гӏазра, дие бадирчӏваялги гьарулаго. Ракъарал хӏанчӏазул чӏирчӏириги, катитӏанчӏазул мимидиги, лъехъ гӏашикъал макказул гъургъургицин рагӏула гьелда.\nЦо къоялъ хӏалтӏуде кватӏун ячӏарай гьелъ абуна, рукъ сверун къараб чали тун, къватӏибехун сардилъ жиндаго мимиди рагӏараб катитӏинчӏ хвасар гьабулей йикӏанилан. Щибаб къоялъ къалъул гӏужалда, къаде кваназе щведал, Гӏазра сверун ккола кутузги хӏанчӏазги. Гьелъухъа кидаго камуларо жиндир цӏобалде ккарал гьезие босараб квенги. Хӏикмалъи гьечӏищха, Гӏазра гьечӏел къояз, гьелъул «гьудулзаби» гьенире рачӏунаро, нижеца кьураб квенги сан гьабуларо.\nГьединал ишазухъ гьелъие, гьай-гьай, кьеларо пачалихъияб премияги цогидал шапакъаталги. Конкурсалда бергьанин абурал дипломал-грамотабиги щвеларо гьелъие.\nАмма нижер Азал буго кӏудияб, сахаватаб ракӏ. Гьеб гӏола сверухъ гӏумру тӏегьазеги, ракьалда толел ругел лъалкӏал гвангъизеги, цогидазе талихӏалъул къатӏраби рикьизеги.\nКъисматалъул свералабазда\nГьаюна Гӏазра Цӏумада районалъул Хуштада росулъ 1958 соналъул 1 октябралда. Гӏагараб росулъ школаги лъугӏизабун, гьей цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялда бухгалтеразул курсазде.\nГьелдаса хадуй 15 соналъ хӏалтӏана ГОСснабалда. 1993 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго «Хӏакъикъат» газеталъул бухгалтериялъул кассаялда. Рос Гъазиявгун цадахъ гьелъ гӏезабуна ункъо лъимер-лъабго ясги цо васги. Вас Шамилица лъугӏизабуна Дагъистаналъул техникияб университет. Хӏалтӏулев вуго «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталда. Гьесул руго кӏудадал Гъазил цӏар лъурав васги яс Патӏиматги.\nЦӏикӏкӏарай яс Гӏайшатица лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб педуниверситет. Хӏалтӏулей йиго гӏагараб росдал хъутаналъул школалда учительлъун. Гьелъул рос Закариги хӏалтӏулев вуго гьебго школалда математикаялъул учительлъун. Гьез гӏезарулел руго яс Фатимаги вас Зайнулгӏабидги. Яс Зулфияги ккола географиялъул учитель. Рос Шамилгун цадахъ гӏезабулеб буго кӏиго лъимер — вас Хӏажи, яс Хатидже.\nЦоцазе гьара-рахьи гьабулелъул, нилъеца бищун цебе абула лъималазул бадисан гьимаги талихӏилан, гьезул рухӏел бихьугегийилан.\nГьекъезе ккана Азацаги къисматалъул кьогӏаб лълъар. Битӏун гӏумруялъул гӏидраялда тӏегь балеб гӏужалда, гьелъулгун къо-лъикӏ гьабуна Азал яс Патӏиматица — авариялъул хӏасилалда гӏумруялдаса ратӏалъана гьейги гьелъул росги. Бакъвана Гӏазрал рекӏелъ тӏегьан букӏараб ункъо тӏогьол цояб. Амма гьей къуркьичӏо къисматалъе. Кӏвар кьезе кколаан ясалъ нахъе тараб хазинаялде — гӏумруялде тӏовитӏизе кколаан гьелъул вас Асадулагь. Гӏуна гьевги кӏудияв. Цӏалулев вуго микьабилеб классалда.\nТалихӏаб хъизамалъул бетӏер, Азал гӏумруялъул гьудул Гъазиги ккола учитель. Гьев хӏалтӏулев вуго Махӏачхъалаялъул № 29 школалда.\nРакьалда толел ругел лъалкӏал\nЦӏалдолел хӏикмалъизе бегьула макъалаялда бицен гьабулей Аза гӏадатал гӏадамазда гьоркьоса йикӏиналда. Аслияб къагӏидаялда газетал-журналаздасан бицунелъул кӏудиял хъулухъазда ругел машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ. Амма нилъер, магӏарулазул, газеталъ гьеб низам некӏого хвезабуна. Гӏемер хъвала нижеца гӏадатиял гӏадамазул хӏакъалъулъ. Гьединазул цояй ккола нижер Азаги.\nАза гӏадазул рухӏияб дунялалъ кӏигъеж гьабун раччун рукӏуна гӏумруялъул захӏмалъабиги къварилъабиги.\nГьале гьадинал гӏадамазул рухӏияб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ абун батила гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан Ф. М. Достоевскияс:\n— Берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял,- илан.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "2999-tsialkiinib-l-im-chiolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2999-tsialkiinib-l-im-chiolaro", "title": "Цӏалкӏиниб лъим чӏоларо", "date": "2018-10-02 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Пенсиялъул реформа ургъарав чиясул гьоркьохъеб моцӏрол харж бахуна кӏиго млн гъуршиде\nРФялъул Финансазул министерствоялда цебе бугеб финансазул гӏелмиял цӏех-рехал гьарулеб институталъул (НИФИ) директор, 35 сон барав Владимир Назаровас кьучӏ лъуна пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялъул хӏакъалъулъ теориялъе. Рехсараб институталъул директорлъун гьев хӏалтӏулев вуго 2013 соналдаса нахъе.\nГӏанкӏуялда малъарулеб «хоно»\nАлексей Кудринил квербакъиялдалъун 29 сон барав Владимир Назаров вахъана Россиялда финансазулгун экономикаялъул реформаби гьарулеб институталъул директорлъун. НИФИялда ургъана гьаб ахӏи бахъинабураб пенсиялъул реформаги, ва Назаровасги лъуна гьелъие кьучӏ.\n90-абилел соназул реформаторал Хӏайдар, Чубайс ва Кудринго гӏадин, Владимир Назаровги киданиги хӏалтӏичӏо хӏакъикъияб экономикаялъул цониги бутӏаялда. Гьесда гьеб щиб жояли лъалебцинги батиларо. 2005 соналда гьес лъугӏизабуна финансазул академия ва хӏалтӏана Канадаялъул Финансазул министерствоялда. Гьелдаса хадуб гьев тӏамуна РФялъул хӏукуматалъул аппараталъул экспертлъун. Ва цадахъго хӏалтӏулев вукӏана Хӏайдарил цӏаралда бугеб экономикаялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун.\nКин экспертлъун ва гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун вукӏунев 22 сон барав гӏолилав? Гьеб суалалъе жаваб батиялда тӏад ургъунго ватиларо цониги хӏаким. Амма Владимир жигаралда гӏахьаллъула бюджеталъул реформа хӏадуриялъулъги, пенсиялъул данде гьабулеб (накопительная) бутӏаялъул букӏинеселъул бицунел бахӏсазулъги. Хадурккун гьес хӏадурула регионазул экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ программаби (Кострома ва Томск областазулги Пермь краялъулги)… Ва тӏамула НИФИялъул директорлъун.\nАслияб масъала – «пенсия щолезул къадар дагьлъизаби»\nНазаровас байбихьана пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабизе ва хехаб куцалда пенсиялъул реформа гьабизе кколин абураб хабар бицине. 2016 соналъул январалда «Финансазул журналалда» бахъараб гьесул макъалаялда хъван буго: «Пенсиялъул хайир цӏикӏкӏинабизе рес гьечӏеб мехалда, гьабизе ккола реформа, гурони гьабсагӏаталда бугеб хӏал цӏунизе захӏмалъизе буго. Реформаялъул аслияб мурадлъунги букӏине ккола пенсиялъул фондалде взносал кьеялъул иш камил гьаби. Гьеб гьабизе ккола хъвай-хъвагӏай гьабичӏого хӏалтӏулезулги, пенсия щолел гӏадамазулги (тӏоцебесеб иргаялда – цоги бакӏаздасаги хайир щолезул) къадар дагьлъизабиялдалъун. Гьеб рахъалъ пайдаяблъун бихьула пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиги, болжал щвелалдего пенсиялде иналъул къагӏидаялъулги, хӏалтӏулел пенсионеразе кьолел пенсиязулги реформа гьабиги», — ян.\n2016 соналдаго абун букӏана гьес гьедин. Ва гьесул пикру гӏумруялде бахъинабуна кӏиго лъагӏалидасан. РФялъул хӏукуматалъ жеги хӏукму гьабичӏо болжал щвелалдего пенсиялде унел аскариязулги низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазулги рахъалъ. Амма гьединаб хӏукму гьабиги кватӏиларин абулеб буго экспертаз. Назаровас мухӏканго бицунеб бугелъулха пайдаял нухазул хӏакъалъулъ.\nПенсия кьечӏониги кӏваричӏо\nПенсиялъул реформаялъул автор вакъунги мукъсанаб пенсиягунги хутӏиларо. «Интересант» абураб Санкт-Петербургалъул интернет-журналалъ кьолел руго РФялъул Минфиналъул сайтазда батараб Владимир Назаровасе щолеб хайиралъулаб декларация. НИФИялда хӏалтӏулаго, гьелъул директор хӏисабалда, Назаровасе щолеб букӏун буго лъагӏалие гьадинаб харж:\n2013 с. – 28 489 440 гъуруш.\n2014 с. – 13 675 800 гъуруш.\n2015 с. – 16 894 450 гъуруш.\n2016 с. – 41 581 026 гъуруш.\n2017 с. – 18 831 019 гъуруш.\nЩуго соналда жаниб гьесие щун буго 119 471 735 гъуруш, ай щибаб моцӏалъ щола гӏага-шагарго кӏиго млн гъуруш. Гьединлъидалги батила, добго декларациялда рекъон, Назаровасул хъизамалъул Германиялда буго ункъо квартира.\n«Дица ургъичӏо гьеб кинабго»\nВладимир Назаровасе рекӏее гӏоларо «пенсиялъул реформаялъул авторилан» жинда цӏарчӏвай. «Новая газеталъул» мухбирасул суалазе жавабал кьолаго, гьес инкар гьабулеб буго авторлъиялдаса: «Бегьилищ реформаялъул автор дун кколин абизе? Гьайгьай, бегьиларо. Реформаялъул автор ккола хӏукумат», — ан абуна гьес.\nАмма живго веццизеги нахъе къаларо. «Гьеб темаялда тӏад хӏалтӏараб ахирисеб 10 соналда жаниб дица кидаго абулаан, пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабизе кколин. Гьанже, ай хӏукуматалъ ахир-къадги гьединаб хӏукму гьабураб мехалда, дица абухъе гуреб, батӏияб къагӏидаялда гьез цониги жо гьабулеб бугин абуни, гьеб букӏина гьереси. Дир пикруялда, гьеб буго ритӏухъаб ва цебего гьабизе ккараб хӏукму», — ян бицана гьес.\nПенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялде дандечӏарал гӏадамал Назаровас рикӏкӏуна тӏадагьаб пикруялъул чагӏилъун. «Гьез абулеб буго, цин рищватчилъи тӏагӏинабеян, пачалихъияб секторалъул пайда буголъи цӏикӏкӏинабеян ва гьелдаса хадуб пенсиялъул ригьалде руссаян. Дир пикруялда, гьеб буго гӏантлъи», — ян абуна гьес.\n«Новая газеталъе» кьураб жавабалда буго: «Сандукӏалги хъирщун, батизе рес буго пенсия цӏикӏкӏинабизе гӏарац, амма метералде гьеб гӏезе гьечӏо… Гьеб релълъуна цӏалкӏинибе лъим тӏеялда: кигӏан тӏуниги, гьеб чӏобого хутӏизе буго», -ян.\nВладимир Назаровасул гьеб пикруялда тӏадрекъезе бегьула. Щайгурелъул магӏна гьечӏеб институталъул директорасе кӏиго млн гъуруш моцӏрое кьолеб, гьевго гӏадал бюрократазе ругьунаб гӏумру цӏунизе квербакъулеб ва гӏадатияб халкъ жеги 5-8 соналъ хӏалтӏизе тӏамулеб хӏукумат хӏакъикъаталдаги релълъунелъулха цӏалкӏида.\nP.S. «РФялда пенсиялъул хӏакъалъулъ» законалъул проекталда хиса-басиял гьаризе рес букӏана 24 сентябралде щвезегӏан. 26 сентябралда цӏияб законалъухъ гӏенеккана Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда. Гьанже гьелда абулеб буго «президентасулгун хӏукуматалъул реформаян». Щайгурелъул Владимир Путиница халкъалде хитӏаб гьабун хадуб, гьелда гьаруна гьадинал хиса-басиял:\n1. Чӏужугӏаданалъе пенсиялде ине ихтияр кьола 60 сон бараб мехалда ва 37 сонилаб хӏалтӏул стаж гӏун батани, гьелдасаги кӏиго соналъ цебе. Бихьинал хӏалтӏизе ккола 65 сон базегӏан ва букӏине ккола 42 сонил хӏалтӏул стажги.\n2. 2019-2024 соназда пенсиялде унел гӏадамазул пенсиялъул индексация гьабизе буго лъагӏалида жаниб цо нухалда – тӏоцебесеб январалда. Цебеккун гьеб гьабулаан кӏицӏул – тӏоцебесеб февралалдаги (цебесеб соналъул инфляцияги кьочӏое босун) тӏоцебесеб апрелалдаги (пенсиялъул фондалъул хайиралъул хӏисабги гьабун). Страховияб пенсиялде тӏаде бачӏине буго, гьоркьохъеб куцалда, лъагӏалида жаниб азарго гъуруш – гьелъие хӏисабалде росизе руго щивасул пенсиялъул баллалги гьесие чӏезабураб пенсиялъул къадарги.\nАлексей НИКОЛАЕВ,\n«Интересант»\nинтернет-журнал"}
{"slug": "3000-strategiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3000-strategiya", "title": "Стратегия", "date": "2018-10-02 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьудуллъиялъул кьучӏ\nЖиде-жидер рахьдал мацӏ лъазабизе щивав чиясул ихтияр букӏин киназдаго гуро бичӏчӏулеб бугеб\nМиллатал гӏемераб Россиялъе халкъазул гьоркьоблъи цӏуни букӏана кидаго кӏвар бугеб суаллъун. Гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан Л. Толстояс «Вуцӏцӏун чӏезе кӏоларо» абураб макъалаялда, 1908 соналда, хъвалеб буго: «Лъугьа-бахъиназул къуват материалиял шартӏазда гуреб, халкъалъул рухӏияб ахӏвал-хӏалалда бараб букӏуна», — ян.\nРоссиялъул халкъазул рухӏияб ахӏвал-хӏал 2012 соналда пачалихъияб миллияб политикаялъул 2025 соналде щвезегӏан болжалалда стратегия къабул гьабиялда цебе, битӏахъе абуни, беццилеб хӏалалда букӏинчӏин абуни, мекъи ккеларо. Гьеб стратегия Дагъистаналда гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ суалги цебелъун, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул миллияб политикаялъул комитеталъул нухмалъиялда гъоркь Махӏачхъалаялда тӏобитӏана данделъи. Гьеб комитеталъул председатель Илдар Гӏилмудиновас бицана Россиялда миллияб политика билълъанхъизабиялъул мурадалда гьарулел ругел аслиял тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьес тӏадчӏей гьабуна пачалихъиял школазда рахьдал мацӏал малъиялъул суалалда сверухъ улкаялъул жамгӏияталда ккараб ахӏвал-хӏалалдаги, бицана гьелда разиял ва разилъуларел гӏадамал рукӏиналъулги, гьаризе кколел ишазулги хӏакъалъулъ.\nДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейица бицана Дагъистаналда 2025 соналде щвезегӏан хӏадурараб миллияб стратегия гӏумруялде бахъинабиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул ва гьелъие биччараб гӏарцул хӏакъалъулъ. Масала, исана гьел мурадазе миллияб политикаялъул федералияб агентствоялъ Дагъистаналъе биччан буго 13 миллион гъуршидаса цӏикӏкӏун гӏарац.\nДанделъиялда гӏахьаллъарав, рехсараб агентствоялъул директорасул заместитель Михаил Мишиница лъикӏаб къимат кьуна Дагъистаналъул халкъазул ва республикаялъул нухмалъулезул миллияб политика цебебачине ва халкъазда гьоркьоб рекъел цӏунизе бугеб бажариялъе. Гьеб рахъалъ Дагъистаналъул лъикӏаб хӏалбихьи бугинги абуна гьес.\nКӏалъазе щвараб ресалдаса пайдаги босун, гьал мухъазул авторасги лъикӏалин ккарал пикрабиги загьир гьаруна гьеб дандчӏваялда.\nГьезул цояб ккола миллияб политика билълъанхъизабиялъулъ районазул ва шагьаразул нухмалъулезул гӏураб жавабчилъи гьечӏолъи. Бакӏазда ругел хӏакимзабазул хӏалтӏи борцине бихьизабун буго 35-гӏанасеб пункт. Гьелда гьоркьоб буго гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазда жаниб гьуинлъи-вацлъи цӏуниялъул пунктги. Амма нилъер республикаялда бакӏалъулал нухмалъулез гьелде кколеб кӏвар кьолеб гьечӏо. Гьеб гьез рикӏкӏунеб буго республикаялъул нухмалъулезул ва гьелъул идарабазул ишлъун. Лъикӏаб букӏинаан стратегиялда хиса-басиял гьарулел ругелъул, гьезул жавабчилъи борхизабиялде кӏвар кьуни.\nКӏиабизе, стратегиялъул 19-абилеб статьяялда хъван буго «батӏи-батӏиял миллатазул гражданазул ихтияр буго жидерго рахьдал мацӏ лъазабизе», — абун. Гьедин бугониги, школазул нухмалъулез хӏаракат бахъулеб буго рахьдал мацӏал аслиял гуреллъун рихьизарурал цӏалул программаби тӏаса рищизе, ай мацӏазде гьабулеб бербалагьи чучлъизабизе. Узухъда, гьеб буго бигьаяб нух – рахьдал мацӏалъул учительзаби, цӏалул тӏахьал, пособиял ралагьулел рукӏинегӏан, гӏурус, ингилис ва цогидал мацӏал тӏасарищани, бигьаго букӏинарищ хӏалтӏи гьабизе. Амма сунде нилъ гьелъ рачунел ругелали пикру ва ургъел гьабулеб гьечӏо. Жакъа росабалъцин рахьдал мацӏазда кӏалъалел лъималазул гьаракь рагӏулеб гьечӏо, киназго бицунеб буго гӏурус мацӏ. Гьелдаса хадур кинал рукӏинел нилъер адабият, маданият, гӏадатал?\nГьединго стратегиялда бихьизабулеб буго «миллиял гьоркьорлъаби квешлъизариялъе квербакъулеб бугила цо-цо халкъаздехун квешаб бербалагьи бижизабиялъги». Долдаса нахъе ана анлъгоялдаса цӏикӏкӏун сон, амма жакъаги Москваялда ва цогидалги Россиялъул гьитӏинал-кӏудиял шагьаразда дагъистаниязул хӏакъалъулъ тӏибитӏизабулеб буго расги лъикӏаб гуреб пикру. Бицунеб гьечӏо Дагъистаналъул Кӏудияб Ватӏанияб рагъул 75 Бахӏарчиясул, Рагъулаб реццалъул лъабабго даражаялъул орденал росаразул хӏакъалъулъ, ракӏалдещвезарулел гьечӏо СССРалъул министраллъун, космос квегъиялъул генералиял конструктораллъун рахъарал дагъистаниязул, гӏалимзабазул, тохтурзабазул, улкаялъулго намус, къадру цӏунун цере рахъунел спортсменазул цӏарал. Амма гьоркьоса къотӏичӏого рихьизарула Дагъистаналдаса такъсирчагӏи, хъамалчагӏи, гӏицӏго нилъер гурони гьел гьечӏел гӏадин. Гьеб гурищ дагъистаниязул напс гӏодобегӏан гьаби, цогидазда бащадал гражданаллъун рукӏине бугеб гьезул ихтияр цӏунунгутӏи! Гьединабищ букӏине кколеб миллатал гӏемераб улкаялъул централиял газетазул, телевидениялъул политика? Бегьуларищ гьелдехун Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ, федералияб агентствоялъ пикру буссинабизе ва гьелъие ахир лъезе?\nБуго цогиги, дир хӏисабалда, кӏвар кьезе ккараб суал. Демографиялъул ва миллиял суалазул рахъалъ Северияб Кавказ буго Россиялъул цогидал бутӏабаздаса гӏемерго батӏияб, жиндирго хаслъаби ругеб бакӏ. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан гьаниб стратегиялдаса жиб чвахун бачӏунеб, гьенире кколел субъектазул программабиги хӏисабалде росун, хӏалтӏулеб хасаб къагӏида гӏуцӏани. Гӏемер руго мисалал, гьанир хӏалтӏулел парламентариял, юридикиял рахъал, Россиялъул законазде дандекколарин гӏиллаги батун, хвезарулел. Масала, гьединаб букӏана нилъер республикаялъул парламент гӏуцӏиялъул рищиязда кьучӏлъун жиб букӏараб «Миллиялгун территориалиял округазул хӏакъалъулъ» хӏукму. Гьелъ рес кьолаан Халкъияб Сораниялде рищиязда Дагъистаналъул гӏемерал миллатазул ихтиярал цӏунизе. Амма гьеб хвезабуна. Гьединал мисалал дагьал гьечӏо цогидал республикабаздаги. Лъикӏаб букӏинаан гьединал рахъал хӏисабалде росани.\nГьенибго Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул нухмалъулев хӏисабалда, дица тӏадчӏей гьабуна гьелъ республикаялда гьабулеб бугеб хӏалтӏудаги. Щайгурелъул, миллияб стратегия къабул гьабизегӏан чанго соналъ цебе, гьеб гӏуцӏиялъ халкъалъул цолъи букӏинабиялда рарал гӏемерал суалал гӏумруялде рахъинарулаан.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏи, Дагъистаналъул бетӏерасул гӏакълучи Камил Ландаца, гӏалимчи Мухӏамадхан Мухӏамадхановас, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул этнополитикиял цӏех-рехазул централъул нухмалъулев Руслан Абакаровас ва цогидазги рорхана жакъасеб гӏумруялда миллияб политика цебебачиналъе хӏажатал пикраби.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "3001-press-konferentsiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3001-press-konferentsiya", "title": "Пресс-конференция", "date": "2018-10-02 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "14 азарго дагъистанияс борхана хӏеж\n«Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана хӏежалъул компанияз хӏалтӏул хӏасил гьабураб данделъи\nЖурналистазул суалазе жавабал кьуна республикаялъул Диниял идарабазулгун бухьенал гьариялъул комитеталъул председателасул заместитель Расул Хӏажиевас ва «Марва-тур» ОООялъул генералияв директор Булат Къурбановас.\nИсана, квотаялда рекъон, хӏеж борхана 9600 дагъистанияс. Гӏаммаб къагӏидаялда босани — 14 азарго чияс. Хӏежалде гӏадамал ине байбихьана 1 августалда, тӏадруссун рачӏана 8 сентябралда. Амма цо-цояз жидеего гьарулел захӏмалъабазул хӏакъалъулъги бицана гьез.\n— Масала, цӏикӏкӏараб ригьалъул хараби унел руго хирияб ракьалда хвезейилан. Яги лъимаде ругел руччаби унел руго хирияб ракьалда лъимер гьабизейилан. Щай бичӏчӏулареб гьезда жидецаго жидеего гӏакъуба кьолеб букӏин, — ан абуна гьез.\nИсана хӏежалда цо гӏолохъанчиги хун вуго. Гьев вукъун вуго Маккаялда.\nГьединго данделъиялда бицана хӏажизаби-налъулазул, коммуналиял хъулухъазухъ, яги налогал, ялъуни алиментал кьечӏого таразул хӏакъалъулъги.\n— Лъикӏаб букӏинаан гьединазул хӏакъалъулъ, хӏежалде роржине заман щвараб мехалда гуреб, цо моцӏалъгӏаги цебе лъазабулебани, — ян абуна данделъиялъул гӏахьалчагӏаз."}
{"slug": "3028-sordo-khalal-unin-dunyal-roginchiogo-chiolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3028-sordo-khalal-unin-dunyal-roginchiogo-chiolaro", "title": "Сордо халалъунин дунял рогьинчӏого чӏоларо", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Лъикӏаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгӏияталъеги пайда гьабула\nЛъикӏаб иш гьабидал, разилъизеги бачӏуна, ракӏги бохула. Гьабураб лъикӏлъи гӏададаги холаро. Аллагьасдаги кӏочон толаро лъикӏлъи гьабулел. Ракьалда лъикӏлъи бекьулев чи хӏакъикъаталдаги талихӏав чи вуго. Жакъа дунялалда щвечӏониги метер ахираталданиги гьелъухъ шапакъатги щола. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магӏна): «Гьаб дунялалда лъикӏлъи гьабурасе данде бецӏизе буго гьединабго лъикӏлъиялдалъун», — абун.\nЛъикӏлъиялъухъ — лъикӏлъи\nНилъеда гьоркьорги гӏезегӏан руго ракьалда лъикӏлъи бекьулел гӏадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цӏар рагӏизелъун яги жидеего цо щиб бугониги гьаб дунялалда щвезелъун, гьединаз хӏалтӏиги гьабуларо. Гьез лъикӏлъи бекьула Аллагьасе гӏоло, гьединазул лъалкӏги ракьалдаса киданиги тӏагӏунаро. Цо гӏакъилав чияс хъвалеб буго дуде тӏаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хӏалбихьийин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тӏагӏам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекӏее лъугьунеб бигьалъи. Хӏакъикъат гьединаб буго, пикру гьабуразда гурони гьелъул тӏагӏамги лъаларо. Мунагьазул бакӏаб гьиргун ахираталде арай пуланай гӏадан алжаналде арайила къечалъ холеб букӏараб гьведуе лъим кьуралъухъ. Аллагьасе гӏоло лъикӏлъи гьабурав Аллагьасдаги кӏочон толаро. Къуръаналда бугелъулха, Бетӏергьанасе лъикӏлъи гьабулел рокьулин. Хӏакъаб жо, захӏмалъи-къварилъиялда хадуб гӏатӏилъи-бигьалъиги бачӏуна. Кигӏанго цӏакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчӏого чӏоларо. Рухьен къарабгӏан, гьеб тӏечӏого хутӏуларо. Магӏу хисула гьимиялъ, пашманлъи – рохалица. Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукӏалиде ккечӏого хутӏуларо, къваригӏунеб жо буго, Аллагьасде мугъчӏвайги гьабун, гӏицӏго сабуралда рукӏин. Сабуралъул тӏиналдайин батулеб тӏогьол майдан.\nЗахӏмат бихьичӏого рахӏат щоларо\nГӏакълу бугев чиясухъа бажарула жиндиего ккараб зарал хайиралде буссинабунги. Маккаялдаса нахъе къотӏидал, Мадинаялде гочарав Мухӏамад аварагасухъа бажарана гучаб пачалихъ гӏуцӏун. Аллагьасул хӏукмуялдалъун гьесухъа бажарана квешлъи лъикӏлъиялде буссинабун. Гӏакъуба-гӏазаб чӏамизе ккаразул гӏемерисел жидерго ишаздалъунги цӏигьарияздалъунги машгьурлъана. Къварилъабазул цӏураб лълъар гьекъарал шагӏирзабазги хъвадарухъабазги хъвана гӏаламалъего асар гьабурал асарал. Лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тӏаде лъим тӏуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъирабалеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хӏаракат бахъе, гӏакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чӏун, тавакалалъул чодаги рекӏун, квешлъи лъикӏлъиялде буссинабизе. Роза тӏегьалъул хӏобода рукӏуна зазал. Амма гьелъул тӏарада батула ракӏ тӏаде цӏалеб берцинаб тӏегь. Тӏадегӏанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха (магӏна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракӏкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикӏаб», — абун (2:216). Аварагасул хӏадисалдаги буго: «Ризкъиги гӏатӏилъизе гӏумруги халалъизе бокьарав чияс жиндие квешлъи гьабуразеги лъикӏлъи гьабе», — ян (Бухари).\nГӏурусазул хъвадарухъан Антон Чеховасул цо хъвай-хъвагӏаялда руго гьадинал мухъал: «Жиндирго рухӏ хвасарлъиялъул мурадалда, бусурбанчияс нахъе тола жинцаго бухъараб гъуй, бахъараб ицц. Лъикӏаб букӏинаан щивав чиясги гьединабго ицц, школа ва цогидабги, ай халкъалъ абадиялъ пайда босулеб жо нахъе танани. Гьелъ бихьизеги гьабилаан гьаб ракьалда дуца гӏадада гӏумру тӏамичӏолъи», — ян.\nЧеховасул хӏакъалъулъ бицен ккун букӏаго абила, гьаб ракьалда 44 сонги бан ана гьев ахираталде. 20-гӏан соналъ унтун вукӏана туберкулезалъ. Къокъабго гӏумруялда жаниб, тӏадежоялъе, туберкулезалъ унтарав чияс ракьалда тана цӏакъго гъваридаб лъалкӏ. Дунялалда гӏумру гьабун ругел гӏемерисел халкъазул мацӏазде руссинарурал тӏахьал хъвай гуребги, гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна жамгӏиял ишазулъги. Масала, ункъо росулъ рана школал, жиндирго гӏагараб Таганрог шагьаралъул рагӏалда бана Петр Тӏоцевесесе памятник, гьенибго гӏуцӏана жамгӏияб библиотека ва 14 соналъ гьеб хьезабуна тӏахьаздалъун. Мелиховалда гӏумру гьабун вугеб мехалда, тохтур хӏисабалда, гьес сахгьавуна аза-азар векьарухъан, вабаъ багъарараб заманалда хъулухъ гьабуна 25 росдае. Живго лъикӏав лъугьун ана Сахалиналде, хъвай-хъвагӏай гьабуна гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазул ва «Сахалин чӏинкӏиллъи» абураб тӏехьги къватӏибе биччана. Добго Мелиховалда чӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун жагадул гъветӏ, гӏицӏаб авлахъалда батӏи-батӏиял гъутӏби чӏун гӏезабуна рохь, гьединабго хӏалтӏи гьабуна, гӏемерал гъутӏби чӏана Крымалда. Гьадинал мисалал гӏемерал рехсезе бегьула. Гьеб тайпаялъул чагӏи нилъеда гьоркьорги ругелъулха. Гьелги ккола, хӏакъикъаталдаги, жидеда талихӏ батарал, талихӏалъул къимат гьабизе лъарал гӏадамал.\nБугелда разилъи —\nхӏакъикъияб талихӏ\nАмма цо-цо рукӏуна, талихӏ бикьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадулелги. Гьоркьов щивго тун вукӏунаро, гӏумруялдехун гьабулеб бербалагьи букӏуна щивасул батӏи-батӏияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гӏайиб. Гьелъие гӏайибияллъун цогидал гӏадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букӏине кколедухъ гӏумрудул къимат гьабунгутӏи ва гьабизе лъангутӏи. Гьединал чагӏаз гӏемер абула цо пуланаб жо щвани, дидаса талихӏав чи вукӏинего ватиларилан. Минаги бугони, машинаги босани, хӏалтӏиги щвани, машгьурлъиги бачӏани, рикӏкӏине бегьилаха талихӏавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалдасан унелъул мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукӏуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечӏого, къечонги хола. Гьединал чагӏазда бичӏчӏуларо инсанасул анищазе гӏурхъиго букӏунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикӏкӏуна талихӏалъ рехун таравлъун. Гьедин букӏуна хвезегӏан. Гьединал чагӏазул талихӏкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутӏиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукӏуна жидерго гьечӏеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо Бетӏергьанас жидее кьуралдаса разиго рукӏине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гӏакълу бугев чияс киданиги абизе гьечӏо цо пуланаб жо щвараб мехалда вукӏине вугин дун талихӏавлъунин. Бугелда разилъи, Бетӏергьанасе рецц гьаби — гьеле талихӏав чиясул хасият. Шукру гьабуни, жеги цӏикӏкӏинабулинги абун бугелъул, Бетӏергьанас цӏикӏкӏинабула ва гьединав чи жеги талихӏавлъунги лъугьуна. Талихӏ буго щивав чиясул рекӏелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.\nМухӏамадхӏабиб Махӏатӏов"}
{"slug": "3029-uchitel-dur-tsiaralda-tsebe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3029-uchitel-dur-tsiaralda-tsebe", "title": "Учитель, дур цӏаралда цебе…", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Байрамкъоялде рижарал пикраби\nВаллагь, гьал учительзаби рукӏун ругел хӏалихьатал чагӏиха! Пикру гьабеха, ришватчилъи нилъер улкаялда байбихьана учительзабаз. Божичӏони, балагье официалияб статистикаялъухъ! РФялъул Верховный Судалъул председатель Вячеслав Лебедевас 2012 соналда гьабураб судазул делабазул хӏасилалда рекъон, «Россиялъул ришватчагӏазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏалда руго тохтурзаби (гьелда бан судалде гъоркье ккаразда гьоркьоб тохтурзабаз ккола 22 процент) ва кӏиабилеб бакӏалда – учительзаби (10 процент). Ай ришватчи хӏисабалда тӏадго ккурав чиясул щивав лъабабилев ккола тохтур яги учитель».\nАмма гьел хӏалихьатал ришватчагӏазе гьебги гӏоларого буго. Гуребани, рищиязул комиссиязда тӏад кверщел гьабилаанищха гьез? Комиссиялдаги рукӏун, жидеего хӏажатав кандидат бергьинавиялъул мурадалда, цадахъго гӏемерал бюллетеналги рехула гьез къолонире. Лъикьаниги нечезегиха нечоларел! Гьеле гьедин рехарал бюллетенал сабаблъун бергьинчӏо Россиялъул президентлъиялде коммунистазул кандидат Павел Грудинин. Гьесги телищха бецӏичӏого – киналго учительзаби туснахъ гьаризе кколин ахӏи балеб бугоха гьанже гьес! Гьелги жанир тӏамун, комиссиялде рачине ккола ракӏбацӏцӏадал гӏадамал… щалгӏагидай рачинел? Жалго кандидатал рачани, щибдай ккела? Яги гьезул божарал гӏадамал? Ялъуни, гьел рищиял гӏуцӏулел хӏакимзабийищ? Гьезие гурищха гьанже «гъирабазабиялъул мурадалда» тӏадеги кьезехъин бугеб 630 млрд гъуруш. Риччанте ракӏбацӏцӏадго рищиял гӏуцӏизеги бищунго лъикӏал, гьунар тӏокӏал, махщел камилал кандидатал Думаялдеги цогидал идарабаздеги рорчӏизаризе хӏаракат гьабизе. Щиб лъалеб, гьебмехалданиги улкаялда гӏумру лъикӏлъизеги батилеб, жиндир кисаби цӏезариялъул гуреб, гӏадамазул пикруги гьабизе байбихьилеб ва инсанасул ракӏразиял законалги къабул гьарилел.\nАмма гьанжесеб бада-гъудураб гӏумруялъул гӏайиб, гьайгьай, учительзабазда буго. Гьез цадахъго гӏемерал бюллетеналги рехун рищарал хӏалихьатал депутатаз къабул гьарулел руго жамгӏияталъего заралиял законалги, кьолел руго гьаркьал НДСги пенсиялъул ригьги цӏикӏкӏинариялъул ва капремонталъухъ гӏарац бакӏариялъулги рахъги ккун! Гьелъухъ батиларищха ракӏбацӏцӏадал ва жамгӏияталъул ургъалица керен кванарал депутатазги учительзабазе квешезего гьезул моцӏрол харжаздаса гӏарац къунцӏулебго къунцӏулебги бугеб! Гьелги хвезе чӏелищха: цӏалдохъабазухъа гӏарац бакӏарула, школалда яги классалда ремонталъеян абун; ОГЭялде яги ЕГЭялде цӏалдохъаби хӏадуризе заман гӏоларилан зигардула (жидер классалдайилаха 40-ниги цӏалдохъан вугила, гьезда гьоркьор камуларила сакъаталги, гьездаги цо щиб букӏаниги малъизеги кколелъул, нужер лъималазда дарс малъизе заман кисадила балагьилеб, дарсилги 45 минут гурони гьечӏеб мехалда); кӏиго ставкаялда хӏалтӏула (хасго математикалги физикалги – учительзаби гӏоларилан багьанаги батун).\nБегьилищха гьел хвезе! Гьез цӏалдохъабазе тарбиягун лъай кьезе ккола, гьезул сахлъиялъул тӏалаб гьабизе ккола. Жеги гӏемер жо гьабизе ккола: переменаялъул заманалда лъимал кваназе рачинеги, жанахӏазда «дежурство» гӏуцӏизеги, дарсал лъугӏун хадуб – гордал чуризеги, азбар бакӏаризеги, цӏалдохъабаз батӏи-батӏиял сайтазда хъварал чорокал мухъал яги «репостал» хъвагӏазеги, классалъул лъималазухъе рокъоре гьоболлъухъе хьвадизеги, гьенире щвараб мехалда, хъизамалъул холодильникалда жаниб квен бугищали халгьабизеги, къаси, метерисел дарсазде хӏадурлъун рахъараб мехалда, батӏи-батӏиял кагътал цӏезаризеги…\n20 соналъ цебе райОНОялда хӏалтӏулаан 4-5 инспектор. Гьезда лъикӏ лъалаан школалда церечӏарал хӏакъикъиял масъалаби ва гьезухъа бажарулаан районазул школазул халгьабизеги учительзабазе хӏажатаб методикияб кумек гьабизеги. Жакъа инспекторазул къадар чанцӏулго цӏикӏкӏана ва щивас тӏалаб гьарула кагътал: планал, программаби, хӏисабал… Школалда цониги дарс кьечӏев РУОялъул хӏалтӏухъанас тӏалаб гьарула бищун гӏемер кагътал. Учителасулги хутӏуларо аслияб хӏалтӏуе заман – дарсазде хӏадурлъизе. Гьеб зулму хӏехьонги бажарула гӏицӏго пенсиялъул ригьалъул педагогазухъа. Гьезие гьечӏелъулха цогидаб бакӏалда хӏалтӏи балагьизе рес. Пенсия гӏолеб буго гӏицӏго ЖКХялъухъ кьезе яги чедги Китаялъул лапшаги босизе. Гьединлъидал хӏалтӏизеги кколел руго гьел. Нилъер улкаялъул хӏукуматалъ кигӏан гӏемер бицаниги (масала, РФялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильевалъул баяналда рекъон, 2018 соналъул январалдаса июналде щвезегӏан учителасул харж цӏикӏкӏана 9,3 проценталъ ва гьабсагӏаталда гьоркьохъеб харж буго 42,2 азарго гъуруш), учитель божулевго гьечӏо жиндир моцӏрол харж цӏикӏкӏинабун бугин абураб пикруялда. Кинха божилев, школалъул уборщицаялъе учителасдаса цӏикӏкӏун харж щолеб мехалда, амма гьелъул магӏна кколароха уборщица цӏакъ бечедай махщелчӏужу кколин абураб.\nГьале гьанжеги Пачалихъияб Думаялда бицинехъин буго харжал цӏикӏкӏинариялъул хӏакъалъулъ. Кинабдай ккелеб гьелъул хӏасил? Абиладай гьанжеги: «Гӏарац гьечӏо, амма нуж къвакӏун чӏа», — ян?\nХӏурматиял учительзаби! Баркула нужеда Учителасул къо! Гьарула нужее щулияб сахлъиги кинабго лъикӏабщинабги!\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "3030-khul-bizhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3030-khul-bizhana", "title": "Хьул бижана", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахир-къадги…\nДело битӏизе буго Россиялъул цӏех-рехалъулаб\nкомитеталъул (СКР) централияб аппараталде\nРФялъул цӏех-рехалъул комитеталъул (СКР) Дагъистаналда бугеб цӏех-рехалъулаб управлениялъул председатель Сергей Дубровиница лъазабуна, 17 сон барав Наби ва 19 сон барав Хӏасанхӏусен Хӏасанхӏусеновал чӏваялда бан рагьараб уголовнияб делоялъул цӏех-рех гьабизе бугин Москваялда. Гьедин гьабиялъе гӏиллалъун ккана 24 сентябралдаса нахъе Хӏасанхӏусеновазул эбел-эмен тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъин. Гьез тӏалаб гьабулеб букӏана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасулгун дандчӏвай.\nТӏоцебесеб октябралда гьезул рахъккун майданалде вачӏана нус-нус дагъистанияв. Гьелдаса хадуб пикетчагӏазухъе рачӏана ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовги Гъизилюрт районалъул бетӏер Мухӏамад Шабановги. Къварилъиялъ къвал баразулгун гара-чӏвариги гьабун, Мухӏамад Шабановасда цадахъ Патӏиматги Муртазагӏалиги Хӏасанхӏусеновал ва гьезул божарав чи Жамбулат Хӏасанов ана СКРялъул Дагъистаналъул управлениялде. Гьел къабул гьаруна рехсараб идараялъул председатель Сергей Дубровиница.\n«Дубровиница нижеда абуна, Владимир Васильев телефоналдасан кӏалъанин Александр Бастрыкинихъе ва къотӏи гьабунин, вацал чӏваялда бан рагьараб уголовнияб дело анкьида жаниб Москваялде битӏизе. Нижее гьебха хӏажат букӏараб, гьединлъидал Васильевасулгун дандчӏваялъул мурадалда гӏуцӏун букӏараб пикетги къалеб буго нижеца», — ян бицана Жамбулат Хӏасановас.\nВацал Хӏасанхӏусеновал чӏвана 2016 соналъул августалда, росдада гӏагарлъухъ бугеб колодаса рокъоре рачӏунаго. Гьелда бан рагьун букӏана РФялъул УКялъул 317-абилеб статьяялда рекъонкколеб (низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъан чӏвазе хиял гьаби) уголовнияб дело. Гьелъул цӏех-рех гьабуна лъагӏелгун ункъо моцӏалъ, хадуб гьеб къана. Рагьун букӏана РФялъул УКялъул 105-абилеб статьяялда (чи чӏвай) рекъонкколеб уголовнияб делоги, амма гьелъул цӏех-рех гьаби гьоркьоб къотӏизабуна, щалали лъаларел гӏадамаз вацал чӏваниланги абун.\nМуса Азаев"}
{"slug": "3031-k-etsazul-khiasilal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3031-k-etsazul-khiasilal", "title": "Къецазул хӏасилал", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рокьула цӏализе Расулил кучӏдул\n«Хӏакъикъат» газеталъ лъазабун букӏана магӏарул мацӏалда кучӏдул рекӏехъе рикӏкӏиналъул къец\nГьал къоязда жюриялъ, анкьго номинациялда рекъон, Расул Хӏамзатовасул кучӏдул рикӏкӏиналъул къецазул хӏасилал гьаруна:\n1) Шагьаралъул цӏалдохъаби.\n2) Росдал цӏалдохъаби.\n3) Студентал.\n4) Школалде инчӏел лъимал.\n5) Чӏахӏиял.\n6) Редакциялъе рекӏее гӏурал.\n7) Лайказул (интернеталдасан гьаркьал кьей) къадаралъухъ балагьун.\nКонкурсалъул жюриялда рукӏана магӏарулазул шагӏир, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Тубхӏат Зургьалова, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист, Магӏарул театралъул актер Мухӏамад Гӏабдулатӏипов ва «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан Шамай Хъазанбиева.\nКъецазул хӏасилазул хъвалалде, бокьун буго, кучӏдул рикӏкӏунелъул, рукӏарал цо-цо гӏунгутӏабазул бицен гьабизеги. Тӏоцебесеб иргаялда, кечӏ рикӏкӏине кколаан шагӏирасул рахьдал, ай магӏарул мацӏалда. Кӏиабизе, лъаларо лъимал учительзабазищ яги улбузищ хӏадурун рукӏаралали. Кверал цӏакъго гӏемер, ай кколарелъурги хьвагӏулел рукӏана. Лъабабизе, Расулилиланги абун, батӏиял авторазул кучӏдулги рикӏкӏунел рукӏана. Гьединго, рикӏкӏунел рукӏана жидецаго шагӏирасде гьарурал кучӏдулги.\nАхиралдаги абизе бокьун буго гьадин: лъималазе кучӏдул тӏасарищулелъул, хӏисаб гьабе, хӏурматиял чӏахӏиял, гьезда кочӏол магӏна бичӏчӏулеб бугищ яги гьечӏищали. Гӏенеккаразда гьеб бичӏчӏула. Кечӏ рекӏехъе цӏаланиги, бихьулеб букӏана цо-цо лъималазда гьелъул магӏнацин бичӏчӏулеб гьечӏолъи. Амма ниж кутакалда рохана конкурсалда гӏахьаллъараздаса. Бихьулеб букӏана гьезие магӏарул мацӏги, тарихги, адабиятги бокьулеб букӏин. Конкурсалда гӏахьаллъаразул къадарин абуни, бахана 81 чиясде. Гӏаммаб къагӏидаялда босани, жюриялъул членалги редакциялъул хӏалтӏухъабиги рази хутӏана гьездаса. Гьединлъидал газеталъ жеги-жегиги тӏоритӏизе руго гьадиналго конкурсал. Бокьилаан нужеца гьенибги гӏахьаллъи гьабунани.\nХӏасилаздаса киналго рази рукӏунареблъиги лъала. Кин букӏаниги, киназго дандбан, гьаруна хӏасилал. Гъоркьехун кьолел руго бергьаразул цӏаралги:\nТӏоцебесеб номинация — Юсуфов Юсуф, Хасавюрт шагьаралдаса 4 классалъул цӏалдохъан; Зайнулгӏабидова Патӏимат, Махӏачхъала шагьаралъул №61 школалъул 4 классалъул цӏалдохъан.\nКӏиабилеб номинация — Рамазанов Рамазан, Гъуниб районалъул Чӏохъ росдал школалъул 11 классалъул цӏалдохъан; Мухӏамадова Хадижат, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росдал школалъул 11 классалъул цӏалдохъан; Гӏабдулаев Абубакар, Унсоколо росдал №1 школалъул 3 классалъул цӏалдохъан.\nЛъабабилеб номинация — Гӏубайдулаев Нурула, Астраханалъул мединституталъул студент, Цӏумада районалъул Хъварши-Хонох росу.\nУнкъабилеб номинация — Гъазихӏмаева Фатима, Гумбет районалъул Ингишо росу.\nЩуабилеб номинация — Мухӏамадова Хатимат, РГВКялъул журналистка, магӏарул мацӏалда кьолеб «Гӏаданги. Гӏамалги. Заманги» передачаялъул автор.\nАнлъабилеб номинация — Гъазихӏмаев Гъазимухӏамад (2 сон), Гумбет районалъул Ингишо росу.\nАнкьабилеб номинация — Чинтилова Патӏимат, Махӏачхъала шагьаралъул №9 лицеялъул 4 классалъул цӏалдохъан.\nКонкурсалда гӏахьаллъаралщиназе кьезе руго баркалаялъул кагътал. Бергьаразе шапакъатал кьезе руго ноябралъул байбихьуда. Киназдаго мухӏканго лъазабизе буго гьеб къо.\nБаркала киназего!\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3033-nukhal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3033-nukhal", "title": "Нухал", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 къватӏги къачӏазе буго\nМахӏачхъалаялъул къватӏал къачӏалаго, тӏокӏлъизабуна 33 млн гъуруш\n«Хӏинкъигьечӏел ва лъикӏал нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, тахшагьаралда къачӏана къватӏал. Гьеб хӏалтӏи гьабулаго, тӏокӏлъана 33 млн гъуруш. Гьелъухъ жеги къачӏазе буго Махӏачхъалаялъул 13 къватӏилан бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Рамазан Жапаровас. Къватӏал къачӏан рахъинаризе ккола 20 октябралде.\nДРялъул бетӏерасе хӏисаб кьолаго, Жапаровас бицана, рехсараб федералияб проекталде бачӏун букӏанин 765 млн гъуруш (гьеб проект гӏумруялде бахъинабиялъе кьезе буго кинабниги 1,5 млрд гъуршидаса цӏикӏкӏун гӏарац). «Гьеб гӏарцухъ исана къачӏазе ракӏалда букӏана нухазул 126 километр (шагьаралъул 99 къватӏги шагьаралде рачӏунеб микьго шагьраги). Гьеб хӏалтӏи лъугӏизабизе ккола тӏоцебесеб ноябралде щвезегӏан. Гьабсагӏаталда къачӏан бахъинабизе ккола гӏицӏго 10 къватӏ, хӏалтӏул 66 процент гьабун бахъун буго гьенибги.\n«Нижехъа бажарулаан хӏалтӏи цебего лъугӏизабизе, амма ракӏалда гьечӏелги масъалаби тӏуразе ккана. Масала, Автомобилистазул къотӏнор лъезе ккана 500 метралъул манзилалда цӏиял рогӏрал. Юсуповасул къотӏноб, гӏадамазул гьариялда рекъон, хисана басрияб лъел рогӏоро (380 метр халалъуда бугеб). Риххизе ккана цо-цо бакӏалда изну гьечӏого ран ратарал бакӏал, гьарурал гӏисинал ахал. Гьез квалквал гьабулеб букӏана хӏалтӏизе», — ян бицана Жапаровас. 20 октябралде къачӏан рахъине руго шагьаралде рачӏунел шагьранухалгиян тӏаде жубана гьес."}
{"slug": "3034-bik-aras-betsiila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3034-bik-aras-betsiila", "title": "Бикъарас бецӏила", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъул бетӏерас тӏобитӏараб данделъиялда бицана 2013-2017 соназда жагъалал минабаздаса гӏадамал гочинариялъул хӏакъалъулъ республикаялъулаб программа гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ\nДанделъиялда кӏалъалаго, ДРялъул ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас абуна: «Рехсараб программаялда рекъон, 2013-2017 соназда республикаялда бан буго 116 гӏемертӏалаяб мина (10125 чи гочинавизе 3275 рукъ). Жагъалаблъун рикӏкӏун буго гӏаммаб къагӏидаялда 135 азарго квадратияб метр бугеб 255 мина.\nПрограмма гӏумруялде бахъинабулаго, тӏурачӏого хутӏун руго гӏезегӏан масъалаби. Масала, Махӏачхъалаялда рарал минабазухъе рачун гьечӏо коммуналиял мухъал, лъугӏун гьечӏо гьел газалдалъунги, токалдалъунги, лъедалъунги хьезариялъул ишал. Гьединго хӏадурун гьечӏо хӏажатал документал», — ан.\nГьес бицана Дербенталда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъги. Гьенир гӏунгутӏаби ратун рукӏана 299 квартираялда. Кинабниги гочинабуна 410 хъизан ва жеги гочинабизе буго 485 хъизан. Гьабсагӏаталда къачӏан бахъун буго 108 квартира, жеги ремонт гьабулеб буго 91 квартираялда.\nРеспубликаялъулаб программа гӏумруялде бахъинабиялъе квалкваллъун данделъиялда рехсана минаби ралел компаниязе цебеккунго гӏарац рехи. «Гьединаб къагӏидаялъе ахир лъезе буго. Гӏадамалги хӏукуматги махсараде ккурал чагӏазул рахъалъ уголовнияб кодексалда рекъонкколеб тамихӏги гьабизе буго. Цӏогьодаралъухъ гӏарац кьезе гьечӏо бюджеталдаса. Гьелъухъ жавабги кьезе буго тамихӏалде цӏарав чияс. Гьабичӏеб хӏалтӏухъ гӏарац босун буго. Гьеб босараз кьела гьелъул жавабги», — ян лъазабуна республикаялъул бетӏерас, данделъиялъул хӏасил гьабулаго.\nВладимир Васильевас Малик Баглиевасда гьикъана, ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏуларел застройщиказул сияхӏ бугищ духъилан. Бугин жаваб кьуна министрасги. «Гьеб ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулел компаниязул сияхӏги бахъизе ккела къватӏибе. Гӏадамазда лъазе ккола, лъида божилъи гьабизе бегьулебали. Цоги нухалда такрар гьабила: бюджеталдаса цо гъуруш кьезе гьечӏо; гӏарац бахъизе буго гьеб бикъарал гӏадамазухъа. Дагъистаналъул халкъалда цебе жидерго гӏайиб букӏиналъе мукӏурлъарав чиясдехун букӏине буго гьелда рекъараб бербалагьиги», — ян бицана Васильевас."}
{"slug": "3035-zhak-aseb-k-oyal-ul-khiak-ik-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3035-zhak-aseb-k-oyal-ul-khiak-ik-at", "title": "Жакъасеб къоялъул хӏакъикъат", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Лъимал чияраллъун рукӏунаро\nГьабураб лъимер рехун тезе ккани, кинаб ракӏ букӏине кколеб?\nКьогӏаб хӏакъикъат\nМахӏачхъалаялъул Гӏахъушиясул къотӏноб бугеб № 34 минаялда аскӏоб, кьишни жанибе базе лъураб къолода гӏагарлъухъ, къаси сагӏат 11 тӏубараб заманалда, Хӏусенова Хадижатида батун буго, чӏартилъ жемараб, гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Лъимадул гӏодулеб гьаракь рагӏун тӏаде ккун йиго Хадижат. «Хехаб кумекги» ахӏун, лъимер больницаялде (ДРКБ) щвезабуна, ва тохтурзабаз абуна, хинаб заман букӏиналъ, чӏаго хутӏун бугин гьитӏичилан.\nМахӏачхъалаялда ккана гьадинабги лъугьа-бахъин. Кьишни рехизе арай гӏаданалда рагӏун буго лъимадул гӏоди. Халгьабидал, къвачӏинибги лъун, кьишни балелъубе рехун батун буго лъабго къо бараб лъимер. Хӏисаб гьабидал, гьитӏичица гьениб бан буго чанго сагӏат. Больницаялде бачиндал, тохтурзабаз васасда цӏарги лъуна Ражаб абун.\nПуланай гӏаданалъ, чӏартилъги жемун, лъимер нухлул ракьанде рехун тана. Гьеб хӏужа бахъун буго гьениб аскӏоб букӏараб тукада лъураб видеокамераялъ. Хасавюрталъул полициялъулаз ялагьулей йиго къотӏнобе лъимер рехарай гӏадан.\nГьел къабихӏал ишазда бан, социалиял гьиназдасан жидерго пикрабиги загьир гьарулел руго гӏадатиял гӏадамаз. Масала, гьадин хъвалеб буго гьез: «Толеб батани, лъимер те лъил бугониги рукъалъул кӏалтӏагӏаги», — ян. «Лъимер рехун буго рогьо бахчизелъун. Хӏакъикъияб рогьойин абуни ккола гьедин лъимер рехи», — ян. «Хасал бакӏал рагьизе ккола лъимал тезе. Бакӏ-бакӏалде рехун толезе гьелъул кӏварги букӏунеб батиларо. Амма инсанасул гӏумру хвасар гьабизе рес букӏинаан», — ян.\nГӏанкӏуялдагӏанги\nгӏакълу гьечӏей\nГӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехаз чӏезабуна хӏайваназда ва хӏанчӏазда гьоркьоб бищун гӏакъликъаблъун гӏанкӏу кколилан. Амма къурущалъ, кигӏан кӏудияб хӏинкъи жиндир гӏумруялъе бугониги, тӏанчӏи цӏунула. Гьедин батани, жиндаса тӏураб гьан, бакъ-моцӏлъун Аллагьас кьураб лъимер рехун толей «эбел» гӏанкӏудагӏанги гӏакълу гьечӏей гӏадан кколей йиго. Гьоркьоб заман индал, гьединазул цо-цоял лъугьуна рехун тараб лъимер балагьизе, жидеда гӏайиб букӏинчӏолъи чӏезабизе. Амма, «араб батуларо, тараб щоларо». Гьелъул бицунеб цо мисалги бачина. «Бахӏарго херайилан» гӏадамаз цӏар лъурай Аминатица бицана: «Ячинилан рагӏиги кьун, рокьи ккарав васас, жиндиего бокьараб щвезегӏан, гуккана дун. Лъимер ккун букӏин бициндал, гьев тӏагӏана. Дида лъалаан гьеб рогьо тӏатани, инсуцаги вацазги дун чӏвалейлъи. Гьабизе жо тӏагӏарай дица, чӏарахъаналъухъе ун, вас гьавуна ва гьебго сордоялъ гьев больницаялъул нуцӏида аскӏов лъуна. Гьоркьоб заман иналде, дие «жужахӏалъул» нуцӏа рагьана. Эбелалда кодоб лъимер бихьидал, гьелегьунаан каранда цӏа, васандулев вас вихьидал, магӏица цӏолаан берал, школалде-нахъе унев цӏалдохъан дандчӏвани, ахцан лъугьуна дун. Чан нухалъ хӏалбихьараб дунго дицаго чӏвазе, кӏвечӏо. Дица гьабураб ахӏмакъаб ишалда рекъараб гӏадлу гьабуна Аллагьас, дун ккола я хъизан-рукъ гьечӏей, я лъимал гурей янгъизай гӏадан», -илан.\nМисал босизе рекъараб\nлъугьа-бахъин\nТӏадагьаб гӏакълу-пикруялъул ясал кантӏилародай абураб хьулалъ, бицине бокьун буго цо чӏужугӏаданалъул бахӏарчияб ишалъул хӏакъалъулъ.\nКитаялдаса Лю Сяу Иница бана 88 сон. Гьей йикӏана кьишни бакӏарулей гӏадан. Язихълъиялда йикӏаниги, гьелъ гьабуна дунялалда тӏад инсанас къанагӏатги гьабуларебгӏан кӏудияб бахӏарчияб иш. Кинабго байбихьана 1961 соналда. Кьишни балеб къолониб гьелда батана лъимер. Китаялда гьеб къанагӏатаб лъугьа-бахъинлъун кколаро. Доб къоялъ Люйида лъимер рехун тезе кӏвечӏо, гьеб рокъобе бачана. Росасги дагӏба гьабичӏо, жидерго бугеб язихъаб гӏумруялъухъ балагьичӏого, лъимер хвасар гьабуна ва гьеб жидергояб гӏадин хьихьана. Кватӏичӏого Люйида батана кӏиабилебги лъимер, хадуб цоги, жеги цоги лъимер… Лю, гӏадатияй кьишни бакӏарулей гӏадан, дагь-дагьккун яхъана лъимал гӏемерай эбеллъун. Люйие росасги жигаралда кумек гьабулаан, амма цо къоялъ гьев хвана. Бахӏарчияй китаялъулай къуркьичӏо, гьелъ, цебего гӏадин, рехун тарал лъимал хвасар гьарулаан. Люйица лъиданиги бицунароан жинцаго гьабулеб ишалъул хӏакъалъулъги, къанагӏатав чиясда гурони лъалароан гьелъул рокъоб лъугьа-бахъунебги. Гьелъ жиндирго гӏумру чияр лъималазе къурбан гьабуна. Тӏолабго харж гьезда тӏад хвезабулаан. Кӏиго-лъабго къоги букӏунаан жийго якъун хутӏараб, амма лъимал гьелъ кваназарулаан. Гӏумруялда жаниб гьелда батана ва гӏезабуна 30 лъимер.\nАхирисеб лъимер гьелда батана больницаялде ккелалде моцӏалъ цебе. Лъимер букӏана кьер хисун, шекъер букӏана къотӏун, амма гьитӏичалъ хӏухьел цӏалеб букӏана. Лъимерги каранде къан, Лю больницаялде гӏедегӏана. Тохтурзабазда кӏвана гьеб хвасар гьабизе. Гьанже хабалъе бох бортарай Лю лъималазда хадуй хьихьардилей йиго, хасго исана школалде ине кколев васасда хадуб букӏуна гьелъул ракӏ. Амма жакъа гьелда ургъел чӏвазе кколаро, гьелъул бахӏарчияб ишалъул хӏакъалъулъ лъайдал, Китаялъул хӏукуматалъ тӏаде босана щибаб лъимадуе кумек гьабиялъул жавабчилъи: гьезие рукъ кьезе ва гьел цӏализаризе. Жакъа Лю парахатго йикӏине бегьула. Гӏемерисезе балагьизецин бокьулеб букӏун батиларо кьишни бакӏарулей Люйихъ. Лъалеб букӏарабанищха гьезда Люйил хӏакъалъулъ, гьайгьай, гьел батӏиял бераз ралагьилаан гьелъухъ. Кьишни бакӏарулел ва къватӏал рацӏцӏунел чагӏи рихьидал, ракӏалдещвезае Лю Сюу Ин. Ратӏлихъ балагьун кьоге гӏадамазе къиматги. Гьезул каранлъги букӏине бегьула гӏатӏидаб ракӏги бахӏарчияб рухӏги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3036-kin-giutsiarab-dag-istan-respublika", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3036-kin-giutsiarab-dag-istan-respublika", "title": "Кин гӏуцӏараб Дагъистан Республика?", "date": "2018-10-09 00:00:00", "categories": ["rel"], "text": "Россиялда революция. Дагъистаналъе автономия кьей\nЛъебергогӏан соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб, 1860 соналъул 5 апрелалда Россиялъул пачаясул Кавказалда вукӏарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам. Областлъунги лъазабун букӏана гьеб тарихалда тӏоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гӏуцӏи. Областалъул гӏатӏилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукӏарал ханлъабиги цогидал политикиял гӏуцӏабиги хвезарун, гьенив бетӏерлъун тана генерал-губернатор. Областалъул центрлъун гьабуна Темир-Хан-Шура шагьар. Байбихьуда Дагъистаналъул область бикьана ункъо рагъул отделалде — севералъулаб, югалъулаб, гьоркьохъеб ва тӏасияб. Хадуб область бикьана ичӏго округалде: Авар Гӏанди, Гъуниб, Дарги, Гъазигъумеки, Хайдакъ-Табасаран, Кюри, Самур, Темир-Хан-Шура.\nОкругазда жанир гӏуцӏана 42 наиблъи, наиблъиялъул щибаб росулъ тана бегавул.\nРоссиялда революция. Дагъистаналъе автономия кьей\nРоссиялда Февралалъул ва Кӏудияб октябралъул социалистияб революция ккезегӏан тӏадехун рехсараб политикияб ва территориалияб гӏуцӏи хисичӏого хутӏун букӏана Дагъистаналда. 1917-1920 соназда Дагъистаналда хӏапу-чапураб, чӏара-хьараб хӏал гьечӏеб ахӏвал-хӏал лъугьун букӏана. Дагъистаналъул тӏалъи къваригӏун революциялъул рахъккуразул ва гьелда дандечӏаразул хӏалуцараб къеркьей унеб букӏана. Цин Дагъистаналъул бетӏерлъун ккана генерал Халилов, хадув Н. Тарковский. Нус-нус чи къурбанлъараб граждан рагъалдаса хадуб тӏалъиялде рачӏана большевиказул рахъккурал ва гьез гӏуцӏана Дагъистаналъул революциялъулаб комитет.\n1920 соналъул 11 ноябралда Дагъистаналъул ревкомалъ хӏукму гьабуна Дагъистаналъул халкъазул тӏоцебесеб чрезвычайнияб съезд ахӏизе. Баянаб жо, гьеб дандбан букӏана Москваялъулгун. Цебеккунго дандбан букӏана Дагъистаналъе Россиялда гьоркьоб кинаб статус кьезе бугебалиги.\n1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралъул театралъул минаялъуб рагьана съезд. Съездалде рачӏун рукӏана централъул вакил хӏисабалда И. В. Сталин ва Г. К. Орджоникидзе. Съездалде вачӏун вукӏана ичӏабго округалдаса 300 делегатги. Съезд байбихьана маркӏачӏуда, микьгоялде бащдаб хӏалтӏараб заманалда. Боголил как базе перерывги гьабун, гьеб халатбахъана анцӏила кӏигоялде бащдаб хӏалтӏизегӏан. Съездалъул председательлъун вукӏана Жалалудин Къоркъмасов, секретарьлъун – Петр Ковалев. Съездалда делегатаз кӏалъаял гьаруна гӏурус ва миллиял мацӏазда. Гӏурус мацӏалдаса магӏарул мацӏалде, магӏарулалдаса гӏурусалде таржама гьабулеб букӏана Мухӏамад-Мирза Хизроевас, лъарагӏазе таржама гьабулеб букӏана Ж. Къоркъмасовас, Азербайжан мацӏалъул таржама гьабулеб букӏана Керим Мамедбековас ва Хан-Мухӏамадовас. Лезги мацӏалда таржама гьабулеб букӏинчӏо, щайгурелъул гьезда азербайжан мацӏ, югалъул Дагъистаналда ругел цогидал халкъаздаго гӏадин, лъалеб букӏун. Тумазеги таржама гьабулеб букӏинчӏо. Гьезул делегатазда цоязда азербайжан, цогидазда лъарагӏ мацӏ лъалеб букӏун.\nСъездалда, Дагъистаналъе Россиялда гьоркьоб автономия кьейги лъазабун, кӏудияб кӏалъай гьабуна И. Сталиница.\nСъездалъул хӏинкъи гьечӏолъи ва парахалъи цӏуни тӏадкъан букӏана, съездалъул президиумалде жив вищун вукӏарав Гӏахьвахъа Шамхал Салихӏовасул партизаназда. Шагьаралда гӏадлу-низам чӏезабиялда рукӏана цогидал округаздаса багӏарал партизаналги.\n1921 соналъул 20 январалда гӏуцӏана Дагъистаналъул автономияб советияб социалистияб республика.\n1921 соналъул 1-7 декабралда тӏобитӏана Дагъистаналъул советазул тӏоцебесеб учредительнияб съезд. Гьениб къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.\n1923 соналда октябралъул революциялъул цӏаралда бугеб канал бахъиялда бихьизабураб хӏаракаталъухъ республикаялъе кьуна РСФСРалъул захӏматалъул «Багӏараб байрахъ» орден.\n1922 соналъул 16 ноябралда ДАССРалде цолъизабуна Терский губерниялда гьоркьоб букӏараб Гъизляр округ ва Ачикулак район.\n1924 соналъул 13 февралалда ДАССРалда гьоркьобе бачӏана Гъизляр уездалъул ракьги.\n1928 соналъул 22 ноябралда округазул бакӏазда гӏуцӏана 26 кантон: Ахти, Ачикулак, Бабаюрт, Болъихъ, Гъуниб, Дербент, Хайдакъ, Буйнакск, Хъараногъай, Къасумкент, Къахӏиб, Гъизляр, Къоркъмасхъала, Курах, Лак, Лаваша, Махӏачхъала, Рутул, Табасаран, Лъаратӏа, Урари (Дахадаев), Хасавюрт, Хунзахъ, Цӏумада, Чӏарада, Шелковской ва кӏиго подкантон — Гумбет ва Казбек.\n1929 соналъул лъабабилеб июналда кантонал сверизаруна районазде, подкантонал – подрайоназде.\n1930 соналда гӏуцӏана Цӏунтӏа район, Гумбет ва Казбек подрайонал сверизаруна районазде.\nХадусел соназул хиса-басиял\n1931 соналъул анлъабилеб сентябралда ДАССР бачана Северияб Кавказалъул краялда гьоркьобе. 1936 соналъул анлъабилеб декабралда, Сталинил конституция къабул гьабун хадуб, Дагъистан батӏа гьабуна Северияб Кавказалъул краялда гьоркьоса. 1937 соналъул 12 июналда тӏолгодагъистаналъул кӏиабилеб чрезвычайнияб советазул съездалъ къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.\n1933 соналда гӏуцӏана Гӏахьвахъ район.\n1934 соналда гӏуцӏана Агъул, Гӏахъуша, Догъузпара районал.\n1935 соналда Махӏачхъала район хвезабуна. Гӏуцӏана Гъарабудагъкент, Гъаякент, Каясулинский, Кули, Хъумторхъала, Унсоколо ва Хив районал.\n1938 соналъул 22 февралалда Орджоникидзе краялъул цӏигӏуцӏараб Гъизляр округалда гьоркьобе кьуна республикаялъул северияб рахъалда бугеб щуго район – Ачикулак, Хъараногъай, Каясул, Гъизляр, Шелковское.\n1943 соналда гӏуцӏана Гӏавухъ ва Мухӏарамкент районал.\n1944 соналъул марталда Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул ракьалде ритӏана Дагъистаналъул районаздаса гӏезегӏан росабазул жамагӏатал. Дагъистаналдеги цолъизарун, гьениб гӏуцӏана ункъо район – Рилъаб, Шурагат, Гӏандалал ва Цӏияблак.\n1940-абилел соназул бакьулълъиялда гӏуцӏана Хьаргаби, Гъизилюрт, Цӏадахӏари районал.\nОкругал гӏуцӏи\n1952 соналъул 25 июналда ДАССР бикьана ункъо округалде: Буйнакск, Дербент, Избербаш ва Махӏачхъала. 1953 соналъул 24 апрелалда округазде рикьи хвезабуна.\n1950 соназул бакьулълъиялда, центр Махӏачхъалаги гьабун, гӏуцӏана Ленинский район, Бежтӏа центргун Цӏунтӏа район.\n1956 соналда Цӏадахӏариб район хвезабуна.\n1957 соналда Грозный областалдаса ДАССРалде кьуна, Терекли-Мектеб центргун, Хъараногъай район, Гъизляр, Крайновка ва Тарумовка районал. Гьебго заманалда ЧИАССР цӏидасан гӏуцӏун хадуб, Дагъистаналда гьоркьоб букӏараб Чачаназул ункъо район тӏадбуссинабуна.\n1960 соналда Къахӏиб районалда цӏар хисана Советский абун, хвезаруна Догъузпара, Гъарабудагъкент, Крайновка ва Унсоколо районал.\n1963 соналда риххизаруна Гӏахъуша, Гӏахьвахъ, Бабаюрт, Хьаргаби, Гумбет, Дахадаев, Гъаякент, Гъизилюрт, Кули, Курах, Ленинский, Мухӏарамкент, Тарумовка ва Чӏарада районал.\nГӏуцӏана, центр Хьаргабигун, Унсоколо район. Буйнакск район сверизабуна Ленинский районалде.\n1964 соналда цӏидасан гӏуцӏана Гӏахъуша, Гумбет, Кули, Курах ва Чӏарада районал.\n1965 соналда цӏидасан, центр Кӏаратӏагун, гӏуцӏана Гӏахъвахъ район, Бабаюрт, Буйнакск, Дахадаев, Гъаякент, Мухӏарамкент ва Тарумовка районал. Ленинский районалъул центрлъун гьабуна Гъарабудагъкент росу. Унсоколо районалъул – Унсоколо.\n1966 соналда гӏуцӏана Гъизилюрт район. Къасумкент районалда цӏар хисана С. Стальский район абун.\n1992 соналда Ленинский районалда цӏар хисана Гъарабудагъкент район абун.\n1993 соналда, центр Бежтӏагун, Цӏунтӏа районалда гьоркьоб гӏуцӏана Бежтӏа участок. Гьебго соналъ Усухчай росулъ центргун гӏуцӏана Догъузпара район, Къоркъмасхъала центргун Къоркъмасхъала район.\n1994 соналда Советский районалъул цӏар хисана Шамил район абун.\nЖакъа Дагъистаналда буго анцӏго шагьар ва 41 район.\n1991 соналъул 13 маялда ДАССРалъул цӏар хисизабуна ДССР абун. Гьебго соналъул 17 декабралда республикаялъул Верховный Советалъ къабул гьабураб декларациялда ДССР хисизабуна Дагъистан Республика абураб цӏаралде.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "3046-l-alishch-nuzheda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3046-l-alishch-nuzheda", "title": "Лъалищ нужеда?", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Сарикумалъул заповедникалда «Сарикумалъул барханал» заповедник бихьизе гӏемерал туристал рачӏуна\nГьединлъидал лъикӏаблъун бихьана заповедникалда рукӏунел, гӏадамазул гӏумруялъе заралиял хурдузулги хӏайваназулги хӏакъалъулъ бицине.\nГьабсагӏаталда гьенир руго щуго батӏияб тайпаялъул нусиречал, оцхӏутӏазул цо тайпа ва цогидалги инсанасул гӏумруялъе ва сахлъиялъе хӏинкъи бугел рухӏчӏаголъаби. Бищунго хӏинкъи бугеблъун ккола каракурт яги «чӏегӏераб къорола» нусиреч. Гьеб бахчун букӏуна ганчӏазда яги хурдузда гъоркь. Гьелъул загьру 15 нухалъ цӏикӏкӏараб букӏуна борхьил загьруялдаса. Гьелъ хӏанчӏидал, унтизе лъугьуна чехь, хьибил, керен. Ракӏкьабизе байбихьула, бидул кьаби цӏикӏкӏуна, бетӏер сверула.\nЧараб ичӏкӏал\nГьеб къватӏибе бахъуна къасимехалда. Рогьиндал, ганчӏазда гъоркьги бахчула. Гьез куна нусиречал ва цогидалги гӏисинал рухӏчӏаголъаби. Гьез хӏанчӏун хадуб гӏадамал хвезеги бегьула. Хӏанчӏараб бакӏ гьорон бачӏуна. Гьединго хӏинкъи букӏуна лъималазул гьуърузеги — гьел гьорола.\nНа\nГьелъ хеч къазабураб бакӏ унтичӏого хутӏуларо. Унтул гӏаламатал – хӏанчӏараб гьорой.\nКьужнаял\nГьез хӏанчӏараб бакӏги унтула. Бетӏер сверун лъугьуна, чорхол цӏа-кан цӏикӏкӏуна, ракӏ кьабула.\nОцхӏутӏ\nАслияб къагӏидаялда гьез хӏанчӏула кверазда, горбода, гьурмада. Хӏанчӏиялъул хӏасилалда кванирукъ унтизеги рес буго. Гьеб мехалда кванирукъ чурун, бацӏцӏад гьабизе ккола.\nГорахараб сколопендра\nГьелъ хӏанчӏараб бакӏги гӏурабго хӏалалъ унтула. Хӏайваназдаги хӏанчӏула гьелъ. Къад, ичӏкӏалалго гӏадин, багӏариялъукьа ганчӏазда гъоркь рахчула гьелги, цинги сардилъ рахъуна чанаре. Жиндирго гьиналда жаниб нусиречги букӏуна, найги букӏуна гьоцӏо бакӏарулеб. Гьезде кӏварги кьечӏони, гьезул рахӏатги хвезабичӏони, рукӏналги риххизаричӏони, гьез нилъеде кӏварго кьоларо.\nХӏажимурад Хӏабиев,\n«Дагестанский» заповедникалъул экологияб лъайкьеялъул ва туризм цебетӏезабиялъул отделалъул хӏалтӏухъан"}
{"slug": "3047-khisa-basiyaze-nukhal-khutiichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3047-khisa-basiyaze-nukhal-khutiichio", "title": "Хиса-басиязе нухал хутӏичӏо", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "РФялъул президентас гъолбасана пенсиялъул реформаялда бан хӏадурарал законазда гъоркь\n2018 соналъул 27 сентябралда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуна ва лъабабилеб октябралда Федерациялъул Советалъ тасдикъ гьабуна «РФялда пенсия чӏезабиялдаги гьеб кьеялдаги бан цо-цо законалъул актазда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ» абураб закон. Гьал къоязда гьеб законалда гъоркь гъолбасана улкаялъул президент Владимир Путиница.\nЦӏияб закон къабул гьабиялъул хӏасилалда хиса-басиял гьаризе ккана цогидал законаздаги. Гьединлъидал рехсараб законалда цадахъ Путиница гъолбасана гьадинал законазда гъоркьги: «РФялъул пенсиялъул фондалъул хайиразулаб бутӏа гӏатӏид гьабиялъул бутӏаялда хъинтӏулел РФялъул бюджеталъул кодексалъул 46-абилебги 146-абилебги статьяябазда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ», «Социалияб рахъалъ хьезариялъул бищун дагьал роценазул бицунеб конвенциялъул (конвенции № 102) ратификация гьабиялъул хӏакъалъулъ», «РФялъул Захӏматалъул кодексалда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ», «РФялъул Уголовнияб кодексалда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ».\nПенсиялъул ригь цӏикӏкӏинаби\nПенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялда бан кӏудияб ахӏи бахъана Россиялда. Гӏуцӏун рукӏана митингал, дандечӏеялъул батӏи-батӏиял тадбирал, амма гьелъул хӏасилго ккечӏин абуни, мекъи ккеларо.\nНижеца цебеккун хъван букӏана, пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабизе бугин абун: руччаби пенсиялде ине руго 60 сон байдал ва бихьинал – 65 сонил ригьалде рахиндал. Федерациялъул советалда гьеб законалъул рахъккуна 149 сенаторас, гьелде дандечӏана щугояв. Гьедин къабул гьабураб цӏияб законалда рекъон, 2019-2023 соназда, ай лъагӏалидаса лъагӏалиде пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабизе буго.\nБолжал тӏаде щвелалде пенсиялде ине ихтияр букӏине буго 42 соналъул захӏматалъул стаж бугев бихьинчиясеги 37 сонил стаж бугей чӏужугӏаданалъеги. Пенсиялъул нахъраталилаб бутӏа (накопительная) кьезе байбихьизе буго 55 сон бараб мехалда руччабазеги 60 сон барал бихьиназеги.\nТамихӏалде цӏазе руго\nРФялъул «Пенсиялъул хӏакъалъулъ» законалда рекъон, пенсиялда цебесеб ригьалъул чилъун рикӏкӏине вуго страховияб, ай херлъиялда бан кьолеб пенсия босизе щуго лъагӏел хутӏарав чи. Гьеб ригьалде гӏагарлъулев хӏалтӏухъан хӏалтӏудаса нахъе витӏизе ихтияралдаса махӏрум гьарулел руго идарабазул, предприятиязул ва гӏуцӏабазул нухмалъулел.\nПенсиялде ине заман щолев чи, кьучӏаб гӏилла гьечӏого, хӏалтӏудаса вахъани яги хӏалтӏуде восизе инкар гьабуни, хӏалтӏикьолесухъа бахъизе буго 200 азарго гъуруш гӏакӏа, яги предприятиялъул (идараялъул) нухмалъулесул 18 моцӏрол харж, ялъуни гьев хӏалтӏизавизе вуго 360 сагӏаталъ. Гьединаб закон къабул гьабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъ, тасдикъ гьабуна Федерациялъул Советалъ ва гъолбасана президентас.\nПенсия босизе бегьула 55 яги\n60 сон байдалги\nЦебеккун букӏараб низамалда рекъон, 55 сон барай чӏужугӏаданалъги 60 сон барав бихьинчиясги босизе бегьула пенсия. Амма ихтияр буго гӏицӏго пенсиялъул нахъраталилаб бутӏа ва пачалихъияб гуреб пенсиялъул фондалдаса (НПФ) гьеб босизе. Президентас гъолбасараб цӏияб законалда рекъон, тӏасияб соналъул январалдаса нахъе цӏикӏкӏинабизе буго пенсиялъул ригь. Амма пачалихъияб гуреб пенсиялъул фондалъулгун къотӏи гьабурал ва нахъраталилаб бутӏаялде процентал данде ракӏарарал гӏадамазе рес буго 60 яги 65 сон базегӏан чӏечӏого, нахъраталилаб бутӏаялъул гӏарац нахъе босизе. Гьабсагӏаталда гӏадамазе кьолеб гьечӏо пачалихъияб пенсиялъул фондалъул (ПФР) нахъраталил бутӏаялда данделъараб гӏарац. Абулеб буго, ПФРалъул счеталда бугеб нахъраталил бутӏаялъул индексация гьабизе бугин, амма пенсиялдалъун хьезариялъул пачалихъияб гуреб фондалдаса (НПФ) гӏарцул индексация гьабуларин. Гьеб рикӏкӏуна гӏадамаз жидеего бокьун гӏуцӏулеб пенсиялъул фонд ва гьелъухъ жавабчилъи пачалихъалъ жиндаго тӏаде босуларо.\nЧарагьечӏеб диспансеризация\nПенсиялъул ва пенсиялда цебесеб ригьалъул гӏадамазул чарагьечӏого гьабизе буго диспансеризация. Гьелда бан къабул гьабураб цӏияб законалда рекъон, щивасул ихтияр буго лъабго лъагӏалида жаниб цоцӏул ва кӏиго хӏалтӏул къоялъ поликлиникаялде ине ва жиндирго сахлъиялъул халгьабизе. Пуланав чи хӏалтӏуда гьечӏин абун, гьев поликлиникаялде араб къоялъухъ цӏунизе буго харж. Махӏрум гьавизе бегьуларо гьев хӏалтӏудасаги (хӏалтӏуда камунилан гӏиллагун). Хӏалтӏухъанас жиндир идараялъул нухмалъулесда цебеккунго лъазабизе ккола, поликлиникаялде ине вугилан.\nХӏадурана\nКавсарат\nСулеймановалъ.\nХӏалтӏизаруна «gazeta19.ru», «interfax.ru» сайтаздаса баянал."}
{"slug": "3048-mesedilab-khasalikh-l-i-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3048-mesedilab-khasalikh-l-i-2018", "title": "Меседилаб хасалихълъи – 2018", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов: «450 азарго гӏиялъажо хьихьун буго гӏицӏго Нугъай районалда»\nИчӏабилеб октябралда «Дагъистан» РИАялда журналисталгун дандчӏвана ДРялъул росдал магӏишаталъулгун кванил нигӏматазул министрасул ишал тӏуралев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов. Гьес бицана республикаялъул росдал магӏишаталъул цебетӏеялъулги Москваялда выставкаялда церелъезе ругел нигӏматазулги хӏакъалъулъ.\n«Выставка-ярмаркаялда гӏахьаллъизе буго 70-ялдаса цӏикӏкӏун РФялъул субъект. Нилъее кьун буго кӏиго павильон. Гьел къачӏазе руго Нарин-хъалаялъул сипаталда.\nИсана рагьана Гъизляралда пиринчӏги гӏиял хӏанги хӏадур гьарулел цехал. Гьелъул нигӏматал рекъонккола ГОСТалда. Дагьалъ цебе Бакуялда тӏобитӏана Россиялъулгун Азербайжаналъул экономикияб форум. Дида аскӏоре рачӏун рукӏана Бакуялъул предпринимателал, ва гьез цӏехолеб букӏана нилъер пиринчӏ. Гьелъул батӏи-батӏиял тайпабицин лъалел ругоан гьезда. Исана пиринчӏалъул лъикӏаб бачӏинги щвана – жеги бакӏарулебги буго гьеб. Краснодаралъул пиринчӏалдасаги лъикӏаблъун ва тӏагӏамаблъун рикӏкӏуна гьеб Россиялда. Исана нилъеца пиринчӏ бекьана 18,5 азарго гектаралда. Хадубккун гьеб жеги цӏикӏкӏинабизе ракӏалда буго. Ракӏалда буго Гъизляр районалъул Сарсар росулъ бугеб «Нива» агрофирмаялдаги пиринчӏалъул цех рагьизе. Цо-кӏиго лъагӏалидасан Россиялда бекьулеб пиринчӏалъул 70-80 процент букӏине буго Дагъистаналда ва гьеб хӏадуризеги буго гьанибго. Гьединго выставкаялда букӏине буго «Денеб», «Мевер», «Кӏикӏуни» ва цогидалги фирмабазул нигӏматалги.\nГьединлъидал Россиялда нилъер кванил нигӏматал цӏакъ машгьурлъун руго. Гӏиял гьан ккола Дагъистаналъул бренд. Россиялъул субъектазда гьоркьоб гӏицӏго Дагъистаналъул гӏиял гьан бичулеб буго къватӏисел улкабазда. Нилъеца Ираналъе бичана гьелъул 3,8 азарго тонна. Жеги 800 тонна чӏегӏерхӏайваналъул гьаналги къваригӏун бугин абулеб буго гьез. Гьелда бан хӏадур гьабун буго хасаб проектги. Ставрополь краялъулгун ва Калмыкиялъулгун къотӏи гьабизе буго саранчаялде данде цадахъаб рагъ баялъул хӏакъалъулъ.\nБокьун буго цӏигьабизе Червленые Буруны росулъ букӏараб госплемзавод – гьениб гӏезабизе буго Грозненская абураб тӏеренаб квасулаб тайпаялъул гӏи. Гьединаб гӏиял нусгогӏан бетӏер хутӏун батана Ставрополалда. Гьелъул хӏакъалъулъги къотӏи гьабизе ракӏалда буго Москваялда», — ян бицана Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\nЖурналистазул суалазе жавабал\n— Кинаб батӏалъи бугеб Москваялде росулелги нилъер базаралда ричулелги кванил нигӏматазда гьоркьоб?\n— Кинабгӏаги батӏалъи гьечӏо. Цого гьанги, чагъирги, лимонадалгун сокалги. Нилъер тӏабигӏаталъул хаслъиялъул хӏасил буго гьеб. Масала, Кубанская буренка яги Белоруссиялъул рахьдал нигӏматал – моцӏал рала гьез холодильникалъур лъун. Гъизлярагрокомплексалъул нигӏматаз гьениб анкь баларо. Щай? Химикаталги консерванталги хӏалтӏизарулел гьечӏелъул.\nНилъер буго пекарнябазул масъала. Ролъ гӏезабула Ставрополалда. Гьенирго руго гьабалги. Ставрополалъул гьабихъ иргаялда чӏун рукӏуна нилъерал ва, ххун бахъарабго, гьеб щвезабула Дагъистаналде. Гьелъул гьабураб чедги букӏуна даражалъул рахъалъ тӏагӏам гьечӏеб. Чед букӏуна жаниса тӏубанго бежичӏеб. Гьелда бан данделъи тӏобитӏун букӏана дица. Пекарнялъул цо бетӏергьанас бицана, жинца чанцӏулго тӏадруссинарунила ханждал цӏурал КамАЗал. Ханждал чед гьабизе бегьула, гьабихъ ххун хадуб 10-ниги къо бараб мехалда.\nДун щвана Ставрополалдаса Нугъай районалъул Карагасалде щвезегӏан – цониги гӏиял рехъен дида бихьичӏо гьениб. Нугъай районалда буго 450 азарго гӏи – гочарулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул магӏишатазул рикӏкӏинчӏого. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъ цебелъолеб буго боцӏи хъолел ва гьанал нигӏматал гьарулелги, овощалгун пихъ цӏунулелги бакӏал (оптово-распределительный центр) хӏадуриялъул масъала. Нилъеца хьихьараб боцӏул 12-13 проценталъул гурони нигӏматал гьаризе рес гьечӏо Дагъистаналда. Гьединабго хӏал буго пихъазулгун овощазул рахъалъги – гьечӏо гьел цӏунизе санагӏатал бакӏал. Масала, Стӏал Сулейман районалда «Палас» ОООялда гӏезабураб гӏеч бичун босизе рачӏуна Россиялдаса бизнесменал. Гьез гьеб босула 25 гъуршиде. Цо-кӏиго моцӏидасан 75 гъуршиде бичизе бугин гьебилан бицана дида цояс. Битӏараб бугищха, 50 гъуруш къватӏибе ккей? 300 азарго тонна пихъил ва овощазул хӏалтӏизабулеб бакӏ букӏине ккола Дагъистаналда. Буго гӏицӏго 24-26 азарго тоннаялъе бакӏ. Исана «Палас» ОООялъ байбихьун буго 30 азарго тонна овощазул цӏунулеб бакӏ базе. Тӏадеялъул пихъ бакӏарилалде, 2000 тоннаялъе бакӏ хӏадуризе ккола. Гъарабудагъкент районалда базе буго логистияб центр – 30 азарго тоннаялъе гӏураб.\n— Грантал кьеялъул иш кин бугеб?\n— Аслияб масъала ккола, рукӏине кколеб куцалда документал хӏадуризе бажарунгутӏи. Гьудул-гьалмагълъиялъул яги гӏагарлъи-божилъиялъул кьучӏалда грантал кьоларо. Гьелъие рукӏине ккола кьучӏал документал. Гьезул халгьабула хасаб комиссиялъ. Росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадурулел гӏадамазе гӏарцудалъун кумек гьабизе хӏадур руго ниж. Тайпадулаб боцӏи гӏезабулезеги кумек гьабизе буго. Гьелъул хӏакъалъулъ дица бицун букӏана муниципалитетазул нухмалъулелгун дандчӏвараб мехалдаги. Гьабсагӏаталда халгьабулеб буго цересел соназда грантал кьурал гӏадамаз гьелъухъ гьабураб хӏалтӏул. Документазда бихьизабухъе хӏалтӏизабичӏеб гӏарац пачалихъалъе тӏадбуссинабизе ккела.\n— Магӏарухъ гӏи хьихьулаан, гӏицӏго гьанае гӏоло гуребги, гьелдаса къунцӏараб квасуе гӏологи. Квас бичун босулел контораби къана. Дагьлъана мугӏрузул мучӏдузда рукӏарал гӏиял рехъабиги. Гьеб рахъалъ кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб министерствоялъ?\nКвас чурулел предприятиял рукӏана Невинномысскалдаги, Ульяновскалдаги, Днепропетровскалдаги. Улкаялдаго хӏалтӏуларо тӏадагьаб промышленность. Гьебги буго квас босунгутӏиялъе гӏилла. Кинабго цӏигьабизе ккола. Гьабсагӏаталда квас босула Гъарачай-Чергесиялъул фабрикаялда. Гьенире хьвадула цо-цо дагъистаниялги. Гьечӏо республикаялда, Хушеталда бугеб «Адам интернейшнл» компаниялъул цо гурони, квас чурулел цехал. Гьез квас битӏула Подмосковьеялде. Квасги букӏине ккола лъикӏаб. Цересел гӏиял тайпаби хутӏун гьечӏелъул (тӏеренаб квасул), предприятиязул бутӏрузе бокьулебги гьечӏо квас босизе. Квас пачалихъалъе кьолел гӏадамазе гӏарцудалъун кумек гьабула хӏукуматалъ. Амма рукӏине ккола гьеб кьеялъул хӏакъалъулъ документал.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "3050-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3050-forum", "title": "Форум", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъги гӏахьаллъи гьабуна\nРоссиялъул Журналистазул союзалъ кӏодо гьабулеб буго 100 сонилаб байрам\nБайрамалъул тадбирал гӏуцӏараб заманалда тӏобитӏулеб бугеб журналистазул форумалда гӏахьаллъулев вуго 1200-ялдасаги цӏикӏкӏун чи: прессаялъул хӏалтӏухъабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, власталъул вакилзабиги.\nИсана форум рагьиялъул тадбир тӏобитӏана Сочиялъул аслияб концертазулаб майданалда – Хасалил театралда. «Форумалда руго улкаялъул тӏолалго регионазул вакилзаби», — ян абуна форум рагьулаго Россиялъул Журналистазул союзалъул председатель Владимир Соловьевас.\nРФялъул Пачалихъияб Думаялъул информациялъулаб политикаялъулги, информациялъулал технологиязулги, бухьеналъулги комитеталъул председатель Леонид Левиница загьир гьабуна ункъабилеб власталъухъ рукӏарал ихтиярал гьелъухъе тӏадруссинаризе кколин абураб пикру."}
{"slug": "3051-nakh-egi-tiadrussun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3051-nakh-egi-tiadrussun", "title": "Нахъеги тӏадруссун", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьалда лъолеб цӏар щиб?\nПолициялъулаз Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов ккун вукӏинчӏин\nлъазабуна республикаялъул МВДялъ\n«Хӏакъикъаталъул» цересел номеразда нижеца бицун букӏана Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъ росулъа васал чӏваялъул ва,гьелда бан гӏуцӏараб уголовнияб дело рагьунгутӏиялдаса разилъи гьечӏолъиги загьир гьабун, гьезул эбел-эмен Махӏачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун рукӏараблъиялъул.\nТӏоцебесеб октябралдайин абуни, Хӏасанхӏусеновазда цадахъ тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъана дагъистаниялги. Пикеталъул хӏасилалда гьезда лъазабун букӏана анкьил болжалалда вацал чӏваялъул хӏакъалъулъ уголовнияб дело Москваялде битӏизе бугин ва гьелъие Владимир Васильевас квербакъанин абун.\nАнкьабилеб октябралда Москваялда Журналистазул минаялъуб тӏобитӏана Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов гӏахьаллъараб пресс-конференция. Гьениб гьесги, «Право ва Закон» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакил Жамбулат Хӏасановасги, «Мемориал» гӏуцӏиялъул адвокат Мурад Мухӏамадовасги, гӏакъуба кьеялде данде къеркьолеб комитеталъул юрист Абубакар Янгъулбаевасги журналистазе бицана рехсараб уголовнияб делоялъул букӏине кколеб куцалда цӏех-рех гьабунгутӏиялъул хӏакъалъулъ.\nМуртазагӏали Хӏасанхӏусеновас пресс-конференциялда гьадинаб хитӏаб гьабуна РФялъул президент Владимир Путинидеги: «Гьарула, босе гьеб дело дурго берзукье, гьабе кумек дир лъимал чӏварал гӏадамал ратизе ва гьезие законалда рекъонккколеб тамихӏ гьабизе», — ян.\nПресс-конференциялда кӏалъана тохтур ва жамгӏияв хӏаракатчи Гӏабдурашид Сагӏидовги. Гьесул кӏалъай, дагьабго къокъги гьабун, бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун:\n«Щибаб минуталъул къиматги гьабун, хӏакъикъияб баян кьун бажарулев чиясе гурони, кӏалъазе рагӏи кьогеян гьарана дица, пресс-конференциялде хӏадурлъулаго, гьелъул хӏаракатчагӏазда. Дидагойин абуни ракӏалдацин букӏинчӏо кӏалъазе вахъине.\nМуртазагӏалихъа изнуги гьарун, юрист Абубакар Янгъулбаевас гьенир рихьизаруна чӏварал вацазул суратал. Гьел ккола уголовнияб делоялъул документал. Ва гьел экраналдасан рихьизаруна тӏоцебесеб нухалда. Гьел рихьун хадуб, дихъа бажаричӏо вуцӏцӏун чӏезе. Гьел рукӏиндалха вахӏшилъиялъул рагӏа-ракьан гьечӏел суратал! Бегьилищ гьединаб къагӏидаялда инжит гьаризе чӏварал лъималазул жаназаби?! Гьаб залалда вуго кӏиго тохтур-хирург. Нижедацин кӏолеб гьечӏо гьезухъ ралагьизе. Пикру гьабеха: расги гӏайиб гьечӏел лъималазе гьединаб гӏакъуба кьун батани, дагьабниги гӏайиб бугезе щибдай гьабулеб гьез? Щиб лъугьараб гӏадамазе? Щиб цӏар лъезе кколеб гьелда?!\nАдвокатал Жамбулат Хӏасановасги, Абубакар Янгъулбаевасги, Мурад Мухӏамадовасги бицаралда рекъон, низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз бицунеб буго батӏи-батӏияб, цоцазде дандего кколареб хабар. Гьез мекъал баянал кьолел рукӏин тасдикъ гьабулел хӏужабиги руго. Кин гьелдаса хадуб къуваталъулал идарабазул хӏалтӏухъабазда гӏадамал божилел?».\nГьал къоязда Дагъистаналде рачӏун рукӏана РФялъул къуваталъулал идарабазул нухмалъулелги. Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновасе бокьун букӏана РФялъул цӏех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъе ине. Амма гьев виччачӏо аслияб майданалдецин. Гьес гьадин бицана: «Дун виччачӏо майданалде. Гьеб сверун къан букӏана. Гьениса дун ана Гьудуллъиялъул минаялдехун, гӏодовчӏана хьонбакӏида ва ургъулев вукӏана, киндай дир масъалаялъухъ гӏенеккизарилел Бастрыкинги Дагъистаналде рачӏарал къуваталъулал идарабазул цогидал хӏакимзабигиян. Дида аскӏоре рачӏана полициялъулал ва абуна, дуца сверункъараб майданалде ворчӏизе хӏаракат бахъулеб букӏанин. Дица абуна, гьеб гьереси бугин, гьединаб хӏалалда гьениве ворчӏизе ракӏалдацин букӏинчӏин ва дун рокъове инехъин вугин. Ракӏ хӏалуцарав дие бокьана хъалиян цӏазе. Гьезги, жамгӏияб бакӏалда хъалиян цӏазе бегьуларин абун багьанаги батун, дун вачана полициялъул отделалде», — ян.\nМуртазагӏалил адвокат Абубакар Янгъулбаевас тасдикъ гьабуна гьеб хабар. «Дун виччалевго вукӏинчӏо полициялъул отделалде жаниве. Дица дежурниясда бихьизабуна дирго паспортги Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновасулгун гьабураб къотӏиги, гьебмехалда дун жаниве виччана. Амма Муртазагӏалигун дандчӏвазе рес щвечӏо. Дун гьесухъе кӏалъана телефоналдасан. Гьес дида абуна полициялъул отделалде жив вачун вугин начальникасулгун накъит гьабизе. Дица гьесухъе дунго виччангутӏиялда бан гӏарза хъвана ва гьелъул хъвай-хъвагӏайги гьабуна», — ян бицана Янгъулбаевас.\nКъад сагӏат лъабго тӏубараб гӏужалда Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов къватӏиве вачӏана полициялъул отделалдаса, амма, полициялъуласул машинаялдаги рекӏун, церехун ана. «Мемориалалъул» адвокат Шамил Мухӏамадовас абуна: «Къуваталъулал идарабазул хӏалтӏухъанасда цадахъ гьев ана жиндиего бокьун. Гьес абуна цо бакӏалде ине ругин гара-чӏвари гьабизе», — ян.\nДагъистаналъул МВДялъул пресс-хъулухъалда бицана Хӏасанхӏусенов ккун вукӏанин абураб хабар гьереси бугилан. «2016 соналда Шамил районалда чӏварал вацазул эмен Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов полициялъ ккун вугилан абун Интернет-сурсатазда ругел баяназда бан, лъазабулеб буго, гьев ахӏун вукӏана Махӏачхъала шагьаралъул УМВДялъул начальник, полициялъул полковник Нурмухӏамад Муртазагӏалиевасулгун гара-чӏвари гьабизе. Дандчӏваялъул аслияб мурадги букӏана жакъа гьесда церечӏарал масъалаби тӏураялъе квербакъи гьаби», — ян хъван буго Дагъистаналъул МВДялъул сайталдаги."}
{"slug": "3055-khasavyurtaldasa-bajbikharab-rorzhen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3055-khasavyurtaldasa-bajbikharab-rorzhen", "title": "Хасавюрталдаса байбихьараб роржен", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Хъиргъуялъул» хӏалтӏухъабазул аслияб ахӏи — ракӏбацӏцӏалъи\nСагӏидбег Даитов. Лъидаха рагӏун батилареб гьев магӏаруласул хӏакъалъулъ. Гьесул цӏар бахъидал, цебе бачӏуна жиндир роржен Хасавюрталдаса байбихьараб «Хъиргъуялъе» гӏумру сайгъат гьабурав магӏаруласул сипат.\nИсана гьев гьавуралдаса тӏубана 70 сон. Гьавуна Сагӏидбег Казбек районалъул Буртунай росулъ, 1948 соналда. Кӏиго сонгицин букӏинчӏо гьесул, эмен хвараб мехалда. Къуркьичӏо гьесул эбел Умагьин къисматалъе. Къезаруна гьелъ гӏумруялъул сухъмахъазда дандчӏварал захӏмалъаби. Гьелъ васасулъ куцалеб букӏана захӏматалде кӏудияб рокьи. Гьитӏинго эбелалда цадахъ рукъалъул магӏишат бачун ругьунав гьесие захӏматал рукӏинчӏо цӏияб гӏумруялъул свералабаздасан цевехун ине. Сагӏидбегил букӏана тӏабигӏаталъго кьураб пагьму-гӏуцӏарухъанлъи. Гьесухъа бажарана араб гӏасруялъул хӏабургъарал 90- абилел соназда гӏадамазеги жиндиегоги пайдаяб иш гьабизе — Хасавюрт шагьаралда рагьана «Хъиргъу» тукен. Амма доб мехалда лъиданиги ракӏалде кколеб букӏун батиларо «Хъиргъуялъул» роржен цӏакъго цӏакъ борхатаб ва тӏадегӏанаб букӏине бугин абун. Дица гӏемер хӏисаб гьабула тукеналъе кьураб цӏаралъул. Сагӏидбегги Хъиргъуги рукӏун ратизе ккола цӏакъго цоцазе ракӏ кьурал гьудулзаби. Унго-унгояб гьудуллъиялъул бахӏарчияб мисаллъун ккола гьудуласул цӏар ракьалда даим гьаби. Гьеле гьеб иш гьабуна Сагӏидбегица. Гьеле абадиялъего хвел гьечӏел лъимерлъиялъул ва гьудуллъиялъул лъалкӏал.\nСоналдаса соналде роржен борхалъуде босулеб букӏана «Хъиргъуялъ». Гьелъул хважаин Сагӏидбег Даитовас бухьенал ккуна улкая-лъулги гьеб бахун къватӏирехунги ругел бизнесменазулгун. Бизнесалда жанибго гьес цӏунулаан исламалъул къанунал. Гьесул букӏана гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ хъвалеб тетрадьги. Ва щибаб къоялъ гьениб гьес хъвалаан жинцаго гӏадамазе гьабураб лъикӏлъиялъул хӏакъалъулъ. Сагӏидбегил гьеб иш дие хутӏила гӏумруялъул аслияб дарслъун. Щай бегьилареб щивав чиясул букӏине гьединаб тетрадь. Дица дирго цӏалдохъабазеги кьуна гьединаб тетрадь. Гьез щибаб къо-йил, дарсиде рачӏиндал, бихьула дида «Лъикӏлъабазул тетрадь». Гьеб гурищ чиясул тӏадегӏанлъи — цогидазе лъикӏлъи гьаби ва талихӏ бикьи. Гьеб аслияб борч тӏубазабун буго Сагӏидбегица — унтаразе, херазе, лъималазе кумек гьаби, гьезул ракӏал рохизари.\n«Хъиргъуялъ» кваркьаби хьва-гӏулел рукӏана ракӏчӏун. Гьелда бичӏчӏулеб букӏана жиндие дагьалги кӏудиял гӏатӏилъабиги зобалги къваригӏунеблъи.\nУнел рукӏана сонал. «Хъиргъуялъ» рещтӏен гьабуна Дагъистана-\nлъул тахшагьаралдаги. Къоялдаса къоялде кӏудияб гӏолеб буго «Хъиргъу». Жакъа гьеб ккола кинабго жиндир кваркьидакье бачараб дармил рукъ. Дун лъугьинаро гьениб бугеб къайи-къоноялъул хӏакъалъулъ бицине. Гьеб киназдаго лъала, гьениве щвечӏев дагъистаниявги хутӏун ватиларо.\n«Хъиргъуялъул» бухьенал руго Китаялъул, Кореялъул, Япониялъул, Италиялъул, Германиялъул, Турциялъул, Чехиялъул бизнесменазулгун. Гьеб ккола Северияб Кавказалдаго бищунго кӏудиязул цояб. Жакъа къоялде Дагъистаналда буго «Хъиргъу» абураб цӏаралда гъоркь анкьго дармил рукъ.\n«Хъиргъу» гьединго машгьураб буго зама-заманалдасан тӏоритӏулел гурхӏел-рахӏмуялъул акцияздалъунги, фестивалаздалъунги, спорталъе, искусствоялъе, гӏадатиял гӏадамазе гьабулеб кумекалдалъунги. Гьединго гьелъ кумекалъулаб квер кьола гьанжего гьанже жидерго иш байбихьулезеги.\nХасаб баркалаялъе мустахӏикъаб буго «Хъиргъуялъул» нухмалъи лъималазде кьолеб бугеб кӏваралъухъ. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула «Family», гьитӏинаб хъиргъу, лъималазул рекӏелгъеялъул центр. Гьеб гуребги, гьеб дармил рукъалъ тӏоритӏула лъималазе батӏи-батӏиял байрамал ва кьола гьезие сайгъатал.\nГьедин букӏана гьаб нухалдаги. «Хъиргъуялъ» кӏодо гьабулеб букӏана Сагӏидбег Даитов гьавуралдаса 70 сон ва «Хъиргъуя-лъул» 23 сон тӏубай. Цоги нухалда бицана лъикӏав инсанасул лъикӏал, тӏадегӏанал ишазул хӏакъалъулъ. Байрам байбихьана Сагӏидбег Даитовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. Гьенибго баян гьабуна «Хъиргъуялъул» тарихги.\nБайрамалъул хаслъилъун ва гӏаламатлъун букӏана 10 метр халалъиялъул, 600 килограмм цӏайиялъул бугеб, «Хъиргъуялъул» тарихалъе сайгъат гьабураб торт. Гьелъул кескал щвана байрама-лъул киналго гӏахьалчагӏазе. Гьелда тӏад рукӏана дармил рукъалъул филиалалгицин. Дармил рукъалъул нухмалъи-ялъ дипломал ва сайгъатал кьуна анцӏго яги цӏикӏкӏун соналъ гьенир хӏалтӏаразе.\n«Хъиргъуялда» цебе бугеб майданалда тӏобитӏулеб тадбиралъул аслиял гӏахьалчагӏилъун рукӏана лъимал. Кьурдизеги кьурдана гьел, кучӏдулги ахӏана гьез. Хасавюрталда бижараб дармил рукъалда байрам баркизе рачӏун рукӏана Хасавюрталъул гьунарчагӏиги. Гьединго концерталда гӏахьаллъана Дагъистаналъул халкъиял артистал Зайнаб Махаева, Роза Макъсумова, Рукъигат Хӏамзатова, республикаялда ва гьеб бахун къватӏирехун машгьурал кьурдул ансамблял. Тӏобитӏана «Хъиргъуялъул» тарихалъул хӏакъалъулъ викторинаги. Суалазе жавабал лъаразе кьолел рукӏана сайгъаталги. Сайгъатазул букӏана цӏакъго цӏикӏкӏараб къадар. Исанасеб лъаларо, амма гъоркьиса гьадинабго байрамалда кьун буго 500 сайгъат. Лъабгоязе щун руго квартирабиги.\nЖакъа «Хъиргъу» компаниялъул президентлъун ккола гьелъие роржен кьурав, гьелда борхалъи тӏасабищизе малъарав Сагӏидбег Даитовасул вас Гӏузаир. Инсул гӏумруялъул лъалкӏазда тӏугьдулги рекьулаго, цевехун унев вуго Гӏузаир. Дос васигат гьабун тараб лъикӏлъиялъул хьонал хьалел руго гьес къойил гӏадамазе. Щибаб лахӏзаталъ ракьалде жив щай вачӏун вугевали Гӏузаирида ракӏадещвезабулеб батила инсул хӏикматаб къисматалъги.\nГӏузаир Даитовасе щвана Тӏолгороссиялъул «Гӏасруялъул меценат» фондалъул шапакъат. Гьединго гьесие кьуна «Миллияб чӏухӏи» абураб Хӏурматалъул медаль ва «Честь и польза» абураб орденги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3056-umumuzul-rukia-rakh-in-tsiunarab-nekisiyab-mina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3056-umumuzul-rukia-rakh-in-tsiunarab-nekisiyab-mina", "title": "Умумузул рукӏа-рахъин цӏунараб некӏсияб мина", "date": "2018-10-15 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Миллияб регионалияб туризмалъул рейтингалда рекъон, туристал рачӏиналъул рахъалъ Северияб Кавказалда тӏоцебесеб бакӏ ккола Дагъистаналъ\nНилъер республикаялде рачӏунел туристазул къадар кӏиго нухалъ цӏикӏкӏанин бицуна туризмалъул агентствабаз. Дагъистаналде рачӏине туристал хӏинкъулел ругин, гьединлъидал туризм цебетӏезабизе захӏмалъулеб бугин абулаан цебе республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул иш тӏаде кколел идарабазги. Амма, исана республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏиндал, тӏатана цоги гӏунгутӏи — туристал къабул гьаризе республикаялда шартӏал гьечӏолъи.\nЧанго соналъ цебе къанагӏат гурони туристал рачӏунареб республикаялда кинал хиса-басиялха ккарал? Туризм цебетӏезабиялъе лъица квербакъараб? Яги республикаялда букӏараб «хӏинкъараб ахӏвал-хӏал» тӏагӏинищ гьелъие гӏилла?\nТуристал тӏаде цӏалеб бакӏлъун Дагъистан лъугьиналъе гӏилла ни-лъеда батизе бегьула, социалиял гьиназда туризмалъул хӏакъалъулъ бицунел материалазухъ балагьидал. Унго-унгоги жалго рижараб ракьги бокьулел, гьелъул бечедаб тарихги умумузул лъикӏал гӏадатазул къиматги лъалел гӏолилаз Дагъистан лъикӏаб рахъалъ бихьизабизе хӏаракат бахъулеб буго. Гьединазул цоявлъунги ккола Чӏохъ росулъа Заур Цохолов.\nГӏагараб ракь цӏуниялъул мурадалда\nРосдал бечедаб тарихги, гье-лъул сипатги, некӏсиял минабиги цӏуниялъул мурадалда, чанго сон буго Цохоловас росулъ бугеб некӏсияб мина къачӏалелдаса. Гьеб мурадгун Заурица ургъана ва гӏумруялде бахъинабуна «Этнорукъ» абураб проект. Университеталда цӏалун лъугӏидал, цогидал гӏолилалго гӏадин, шагьаралде гочинчӏо Заур. Нусго цӏараки гурони хутӏичӏеб, Дагъистаналъул архитектуриябгун тарихиял памятниказул цояблъун кколеб росу-музей чӏунтизе гурин хӏинкъи букӏана кидаго Заурил рекӏелъ.\n«Этнорукъ» гӏуцӏиялъул мурадги букӏана цо: гӏицӏго Дагъистаналъе хасиятаб архитектура цӏуни, гӏун бачӏунеб гӏелалда росдал тарихги, умумузул рукӏа-рахъиналъул хасиятги, лъикӏал гӏадаталги рихьизари, тӏаде рачӏунел туристазда цебе букӏараб гӏумруги ахӏвал-хӏалги бихьизаби. Гьаб некӏсияб, бечедаб тарихалъул ва архитектураялъул росу чӏунтулеб букӏана, тарихиял памятникал риххун унел рукӏана. Гьеб цӏунизелъун росдал гӏолилаз жамгӏияб къокъаги гӏуцӏана», — ян бицана Цохолов Заурица диргун букӏараб гара-чӏвариялда.\nУнкъо нухалда бергьана\n«Этнорукъ» проектгун Заур Цохолов гӏахьаллъана «Машук» абураб гӏолилазул форумалдаги. Ункъо соналъ тӏатӏала бергьана гьеб форумалда «Этнорукъ» проект. 2015 соналда, «Машукалда», тӏоцебесеб иргаялда некӏсияб мина къачӏазе ва гьеб бачӏунеб гӏелалъе музей хӏисабалда бихьизабизе кколин абураб пикру загьир гьабуна Заур Цохоловас. Гьеб соналъ проект гӏумруялде бахъинабизе 300 000 гъуруш гурони щвечӏо Заурие. Хадусел соназда, «Чӏохъ» абураб лъималазулгун гӏолилазул регионалияб жамгӏияб гӏуцӏиялъул рахъалдаса, Заур къватӏиве вахъана жеги гӏатӏид гьабураб проектгун. 2016-2017 соназда цин кӏиго миллионгун щунусазарго гъуруш ва хадусеб соналъги гьедигӏанго гӏарац бергьана гӏолилазул форумалда некӏсияб мина къачӏазе. Исанаги ун вукӏана Цохолов «Машукалде» ва гьалбадерил рукъ-музей къачӏазе 500000 гъуруш щвана.\n«Гьабсагӏаталда «Этнорукъалда» буго лъабго рукъ, тӏадеялъул, рес рекъани, ракӏалда буго жеги тӏадеги 12 рукъ базе. Кинавниги 30-гӏанасев чи къабул гьавизе рес букӏине буго гьеб мехалда. Гьабсагӏаталда «Этнорукъалда» гьоболлъи гьабизе кӏола щуго-анлъго чиясе. Букӏуна анцӏгониги чи сордо базе чӏараб заманги. Гӏодор тӏамурал ургабазда регунгицин нижер росулъ сордо базе хӏадуралги рукӏуна цо-цо туристал», — ан бицана Заурица.\n«Этнорукъ» гӏуцӏиялъул бицунаго, Заурица ракӏалдещвезабуна, чанго соналъ цебе, Шамил имамасул хӏакъалъулъ кино ба-хъизе, Чӏохъе рачӏун рукӏарал гӏадамазе росулъ некӏсияб тайпаялъул цогӏаги санагӏатаб мина батичӏолъи, гӏемерисел некӏсиял минаби, бетӏергьабаз тӏалаб гьаричӏого, чӏунтизе тун рукӏана. Гьеб мехалда ракӏалде ккана Заурида росулъ цогӏаги басрияб минаги къачӏан, туристаздаги гьанжесеб гӏелалдаги жидерго росдал тарихги, гӏадаталги, квен-тӏехги, рукӏа-рахъиналъул къагӏидабиги гьенир рихьизаризе.\nХӀX гӏасруялъул мина – архитектурияб музей\nЧӏахъадерил некӏсиял минаби раялъул къагӏидаги рукӏа-рахъинги кинабго жанибе бачунеб «Этнорукъ» проекталъе тӏасабищараб мина бан буго 1870-1880-абилел соназда.\n«Минаялъул бетӏергьабазул рес букӏинчӏо гьеб къачӏазе, гьединлъидал гьез гьеб рехун тун букӏана. Нижер росдал гӏолилаз лъазабуна мина чӏунтизе тезе бегьуларин. Гьениб аскӏобго букӏана цоги цӏунун хутӏараб рукъ. Гьебги босана нижеца дагьабго гӏарацги кьун, гьалбал къабул гьарулеб бакӏ гӏатӏид гьабиялъул мурадалда», — ян бицана Цохоловас.\nЗаурица гьабураб хӏалтӏудаса хадуб гьеб лъикӏаб ишалдаса мисал босана росдал гӏадамаз, жидерго басриял минаби цӏигьаризе лъугьана цо-цоял.\nТӏубараб рииялъго гӏемерал туристал хьвадана «Этнорокъоре». Гьелъие гӏиллалъун рикӏкӏине бегьила Дагъистаналда бищунго гӏемер туристал хьвадулезул цояблъун Гъуниб район кколеб букӏин. Архитектурияб ва тӏабигӏияб памятникалъухъ ралагьизе цереги Чӏохъе рачӏунаан туристал. Исана туристазул къадарги гӏезегӏанго цӏикӏкӏана.\n«Этнорокъоб» сордо балев чиясе киналго квегӏенлъабиги чӏезарун руго. Минаялъул рагъидаса росдал гьайбатаб тӏабигӏаталъухъги Да-гъистаналдаго некӏсиязул цояблъун рикӏкӏунеб росдал сипаталъухъги балагьизе рес буго. Минаялда жанибго буго некӏсияб къайиялъул музейги. Исана гьенире гьоболлъухъ рачӏун рукӏана Кореялдаса, Швециялдаса, Франциялдаса ва цогидалги улкабаздаса туристал.\n«Къватӏисел улкабаздаса рачӏунел туристазе хӏажат гьечӏо чӏухӏарал гостиницаби. Гьезул гъира букӏуна нилъер гӏадамазул некӏо букӏараб рукӏа-рахъин, гӏумру-яшав, архитектура, тӏабигӏияб берцинлъи бихьизе. Нижеца «Этнорукъалъул»\nхӏакъалъулъ Интернеталдасан гӏемер бицунаро, гьелъие гӏемераб рекламаги гьабуларо. Щайгурелъул гӏемерал туристал къабул гьаризе рес гьечӏого букӏун. «Этнорукъ» рагьаралдаса нахъеги лъабабилеб моцӏ буго. Гьеб заманалда жаниб гьенир сардал рарал туристазул къадар 200 чиясдасаги цӏикӏкӏана. Сордо бачӏого «Этнорукъ» бихьизе рачӏаразул къадарин абуни, кӏиазаргоялдасаги тӏаде ана. Гьезие умумузул квенги гьабула. Цо-цо къо букӏуна нусго-кӏинусго чи къабул гьавурабги. Нилъер гӏемерисезда шагьаралде гочаралдаса нилъерго гӏадатги, мацӏги, рукӏа-рахъиналъул цере рукӏарал къагӏидабиги кӏочонел руго. Жидерго умумузул хӏакъалъулъ лъималазда бицине жого хутӏулеб гьечӏо. Шагьаралда гӏумру гьабун ругел рачӏунел руго жидерго лъималазда цебе нилъер умумузул букӏараб рукӏа-рахъин, гьез магӏишат-гӏумру гьабулеб букӏараб къагӏида, цебе умумузул букӏараб къайи-свери ва цогидабги бихьизабизе. Газги бухӏараб лъимги гьечӏого кин гӏумру гьабулеб букӏарабали бихьизе рачӏуна. Цогидал росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамалгицин рачӏуна некӏсияб мина-музей бихьизе, архитектурияб памятниклъун лъугьараб Чӏохъе щвезе.\nНижеца гьаб минаялда гӏемераб жо хисизабичӏого тана, кинабго къайиги рукъалъул къадалги руго нусго соналъ цереккун рукӏаралго гӏадинал. Сордо базе рачӏарал туристал буртинаялдаги къохьодаги тӏад регизаризе бегьилищха, гьезие рега-рахъине ва цогидал хӏажатал тӏуразе шартӏалги чӏезарун руго «Этнорокъар». Амма цӏунун буго умумузул рукӏа-рахъин бихьизабулеб ахӏвал-хӏалги, тӏагӏелалги, гъанситоги», — ян бицана Заурица.\nАзаралда хадуб чӏахъадерил цӏаракиялъ гӏумру гьабулеб буго Махӏачхъалаялда ва цогидалги шагьаразда. Росулъин абуни 100 цӏараки гурони хутӏун гьечӏо.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3163-gazal-ul-magiishat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3163-gazal-ul-magiishat", "title": "Газалъул магӏишат", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Налъи бецӏизе буго дагь-дагьккун\n«Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъ кьезе бугеб гӏарцул бицун данделъи тӏобитӏана хӏукуматалъул председатель Артем Здуновас.\n2018 соналъул тӏоцебесеб июлалдаса 2019 соналъул 31 июлалде щвезегӏан «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялда хадуб бугеб 550 миллион гъуршил налъи бецӏун бахъинабизе заман кьуна. Гьеб бецӏизе буго бутӏа-бутӏаккун.\nГазалъул мухъазул хӏисабсуал гьабизе бугинги лъазабуна данделъиялда. Гьезул бащдазул вуго кӏи-кӏи бетӏергьан – республикаги муниципалитеталги.\n«Гьеб суал тӏубазе ккола, щайгурелъул гьелда бараб буго\nреспубликаялъе щолеб хайир»,\n— ан абуна данделъиялда кӏалъалаго республикаялъул вице-премьерасул ишал тӏуралев Хӏажимухӏамад Хӏусеновас.\n«Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъул баяназда рекъон, республикаялда буго 13000 километр газалъул мухъазул. Амма гьездаго гьоркьор руго жеги документал гьаричӏелги мухъал. Гьединлъидал чара гьечӏого гьеб суал роцӏинабизе кколин лъазабуна хӏукуматалъул нухмалъулес."}
{"slug": "3166-forumal-ul-khiasilal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3166-forumal-ul-khiasilal", "title": "Форумалъул хӏасилал", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Аслияб мурад – гьудуллъи щула гьаби\n15 октябралда «Дагъистан» РИАялда данделъун рукӏана Дагъистаналда тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул динияб форумалъул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицине.\nГьенир гӏахьаллъана диниял ишазул рахъалъ комитеталъул председателасул ишал тӏуралев Мухӏамад Гӏабдурахӏманов, ДРялъул муфтиясул кумекчи Мухӏамад Мухӏамадов ва цогидалги. Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас цоги нухалда ракӏалдещвезабуна форумалъул программа. Тадбиралъул гӏахьалчагӏи щвана Дербенталде, Ахӏулгохӏде, гӏолилал дандчӏвана батӏи-батӏиял диназул нухмалъулелгун, жамгӏиял ва пачалихъиял хӏаракатчагӏигун.\nДандеруссиналда гӏахьаллъа-рал жугьутӏазул цолъиялъул советалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Борис Ханукаевас ва Махӏачхъалаялъул епархиялъул отделалъул нухмалъулев Иеромонах Иоанница бицана гӏолилазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе ва цоцазде гьел гӏагар гьариялъе, гьезие рухӏияб тарбия кьеялъе гьединал форумазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "3167-mesedilab-khasalikh-l-i-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3167-mesedilab-khasalikh-l-i-2018", "title": "«Меседилаб хасалихълъи» — 2018", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Церехъабазул кьерда\nКъоабилеб нухалда Москваялда тӏобитӏана «Меседилаб хасалихълъи»\nабураб росдал магӏишаталъул нигӏматазул выставка\nВДНХялда гӏуцӏараб гьеб выставка тӏобитӏана «Гӏорхъи гьечӏел ресал» абураб ахӏиялда гъоркь. Гьениб цебелъун букӏана Россиялъул тӏолалго регионазулги къватӏисел улкабазулги агропромышленияб комплексалъул киналго бутӏаби. Масала, росдал магӏишаталъе хӏажатаб техникаги, хурухъабазулгун ахихъабазул, гӏи-боцӏухъанлъиялъулгун пихъ ва овощал хӏалтӏизарулел заводазул нигӏматал.\nВыставкаялда гӏахьаллъи гьабураб щибаб регионалъ хӏаракат ба-хъулеб букӏана кванил нигӏматазухъ ва цогидаб къайиялъухъ балагьизе рачӏарал гӏадамазул бер жидедаго тӏаде цӏалеб хӏал гьабизе. Рагӏулеб букӏана Россиялъул регионазе хасиятал бакъназул гьаракь. Щибаб павильоналъул бетӏергьаби хӏадурго рукӏана гьалбадерие хъулухъ гьабизе, жидерго нигӏматазул ва ватӏаналъул хӏакъалъулъ бицине.\nРоссиялъул 47 субъекталда гьоркьор рукӏана Китаялъул, Ирландиялъул, Турциялъул, Италиялъул, Германиялъул, Испаниялъул, Австриялъул, Нидерландазул, Азербайжаналъул, Казахстаналъул, Беларусалъул ва цогидалги улкабазул вакилзабиги. Исана Россиялда тӏобитӏулеб буго Япониялъул лъагӏел, гьединлъидал Япония ккола выставкаялъул официалияб партнерлъунги.\nИсанасеб выставкаялъул хаслъилъун буго кьер-кьерал павильонал гӏуцӏи. Щибаб миллаталъе хасиятаб партал гуребги, регионалда ругьунаб аслияб кьерги бихьулеб букӏана выставкаялда. Бищунго чӏахӏиял экспозициял рукӏана Ярослав областалъулги, Ставрополь краялъулги, Дагъистаналъулгун Татарстаналъулги.\nДагъистаналъул вакилзабазул бетӏерлъуда вукӏана ДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул ишал тӏуралев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов. Выставкаялъул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицунаго, гьадин абуна гьес: «Нижеца къотӏи гьабуна Ираналъулгун – гьенибе боцӏул гьан битӏиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб къотӏи гьабуна Нугъай районалъул «Агросоюз» абураб СПоКал-даги Ayance Pazhohi Fardi абураб Ираналъул фирмаялдаги гьоркьоб. Гьелда рекъон, Дагъистаналъул предприятиялъ Ираналде битӏизе буго 393 миллионгун 600 азарго гъуршиде бачазул гьанал 800 тонна.\nЦоги къотӏи гьабун буго Москва областалдаса предприниматель Мухтар Даудовасулгун. Мухтар ккола Гӏахъуша районалдаса. Гьев 20 соналъ хӏалтӏулев вуго Москва областалда. Гьесие бокьун буго боцӏи хъолеб хасаб бакӏ Дагъистаналдаги базе. Гьенир рукӏине руго гьан хӏадурулел цехалги. Проекталъул багьа буго 200-250 млн гъуруш. Нижгун хӏалтӏизе бокьун бугеблъи бичӏчӏизабуна «ОСП агро» абураб Москваялда гӏагарлъухъ бугеб агрохолдингалъул нухмалъулесги Москва областалъул Думаялъул депутат Игорь Гӏисаевасги. Депутатасе бокьун буго рахьдалаб боцӏи гӏезабиялде 500-ялдаса цӏикӏкӏун млн гъуруш биччазе ва гьединаб тайпаялъул боцӏи хьихьулеб комплекс Дагъистаналдаги базе. Гьеб проект гӏумруялде бахъинабизе хӏажалъизе буго 1000-1500 га ракьул – Москва областалдаса рачӏарал гӏачи кваназаризе хасаб рагӏи-хер гӏезабизе», — ян.\nДагъистаналъул къайи лъурал павильоназде щвана РФялъул росдал магӏишаталъул министр Дмитрий Патрушевги, гьесул тӏоцевесев заместитель Жамбулат Хаутовги, рехсараб министерствоялъул тайпадулаб боцӏухъанлъиялъул департамента-лъул директор Харон Амерхановги. Нилъер нигӏматазул хӏалбихьун хадуб, гьез лъазабуна республикаялъе хӏажатаб кумек гьабизе бугинги.\nБачӏин гьарзаяб\n«Меседилаб хасалихълъи»\nДагъистаналъул производителазул нигӏматал мустахӏикълъана батӏи-батӏияб даражаялъул 44 медалалъе: 29 меседил, ункъо – гӏарцул ва 11 — мазгарул. Республикаялъул хӏукуматалъе кьуна Гран-приги, ай выставка цебетӏезабиялъухъ бахъараб хӏаракаталъухъ; ДРялъул росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъе кьуна меседил медаль – тайпадулаб ва дармилаб боцӏухъанлъи цебетӏезабиялъухъ.\nДагъистаналъул экспозиция гӏуцӏун букӏана, миллияб хаслъиги цӏунун, Нарин-хъалаялъул сипаталда. Церелъун рукӏана 30-ялдаса цӏикӏкӏун фирмаялъ хӏадурулел кванил нигӏматал. Цояб павильоналда рихьизарулел рукӏана ункъо магӏишаталда хьихьулел тайпадулал чахъаби. Гьезухъ ралагьизе щвана РФялъул хӏакимзабиги депутаталги. Вукӏана гьалбадерида гьоркьов ЛДПРалъул нухмалъулев Владимир Жириновскийги.\nКӏикӏундерил консервазул заводалъе щвана 10 меседил медаль. Медалазе мустахӏикълъана Гъуниб районалдаса «Агрофирма Чӏохъ» КХ, Рутул районалдаса «Восток-2» СПК, Казбек районалдаса «Багӏараб октябрь» СПК, Хунзахъ районалдаса «Малигъурал гӏадамал» СПК ва «Стелла» СПК. Лъабго мазгарул медаль кьуна ДРялъул федералияб аграрияб гӏелмияб централъе – могьолал культурабазул цӏиял тайпаби гӏезаруралъухъ. 12 меседил медаль щвана коньякалгун чагъирал хӏадур гьарулел заводазеги. Меседил медалалъе мустахӏикълъана «Минмелио-водхоз РД» ФГБУялъул директор Залкип Къурбановги.\nПатӏимат Расулова,\nМосква"}
{"slug": "3168-rak-sababl-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3168-rak-sababl-un", "title": "Ракь сабаблъун", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ингушетиялда бугеб ахӏвал-хӏал киндай роцӏинабилеб?\nТунка-гӏусиялъе гӏиллаби\nЧачаналдаги Ингушетиялдаги гьоркьоб гӏорхъи чӏезабизе байбихьана 1992 соналда, ай Грозныялъ жибго жиндаго чӏараблъун лъазабураб мехалда. 1993 соналда Жовгьар Дудаевасги Руслан Аушевасги гъолбасараб къотӏиялда рекъон, тӏолабго Сунжа район тана Ингушетиялъе ва Чачаналъе тана, гьенир цӏикӏкӏарасел ингушал ругониги, Серноводскги Ассиновскаяги росаби.\nГӏорхъаби сабаблъун дагӏба цӏилъана 1997 соналда – Грозныялъ Ингушетиялъул нухмалъиялъе бадибчӏвай гьабуна, Сунжа районалда рукӏарал милициялъул постал чачаназул ракьазда лъуралъухъ. Дагӏба лъугӏана, постал рукӏарабго бакӏалде рачун хадуб.\nДудаевасул заманалда къабул гьарурал нормативиял актал закониял гуреллъун рикӏкӏун хадуб, 2001 соналда Чачаналда гӏуцӏана жидерго Сунжа район ва гьелъул райцентрлъун гьабуна Серноводск. 2003 соналда кӏиябго республикаялъул бутӏруз – Ахӏмад Къадировасги Мурат Зязиковасги – гъолбасана протоколалда гъоркь, гьелда рекъон, Чачаналъул юрисдикциялъукье ккана Сунжа районалъул Серноводск росуги Ассиновская станицаги, гьеб районалъул хутӏараб ракь тана Ингушетиялъул юрисдикциялда гъоркь. 2008 соналда Россиялъ къабул гьабуна «Ингушетиялдаги Чачаналдаги бакӏалъулаб самоуправление гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб закон. Гьелдаса хадуб чӏезабуна кӏиябго республикаялъул гӏорхъиги ва тӏоритӏана бакӏалъулал рищиялги: Ингушетиялъул Сунжа районалда Орджоникидзевская абураб центргун ва Чачаналъул гьединабго районалда Серноводск абураб центргун.\n2012 соналда нахъеги байбихьана, гӏорхъаби сабаблъун, кӏиябго республикаялда гьоркьоб дагӏба. Ингушетиялъухъаги Чачаналъухъа-ги «рикьизе» бажарулел рукӏинчӏо Сунжа ва Малгобек районал. Щибаб республикаялъ гӏуцӏана территориалиябгун административияб гӏорхъи чӏезабиялъул рахъалъ жиде-жидер комиссиял. Гьебмехалда республикаялъул телеканалалдасан кӏалъана Евкуров, ва гьес абуна гӏорхъи хисизабизе гьечӏин. Амма Грозныялъ 2013 соналда къабул гьабуна закон: гьелда рекъон Чачаналъул Сунжа районалда гъорлъе ккана Ингушетиялъул муниципалияблъун кколеб чанго росу (гӏага-шагарго 25-30 азарго гектар ракьул – 2018 соналъул 26 сентябралда гьабураб къотӏиялда рекъон, гьел гьанже уна Чачаналде гъорлъе).\n2013 соналъул 18 апрелалда Чачаналъул къуваталъул идарабазул 300-гӏанасев хӏалтӏухъан лъугьана ингушазул Аршты росулъе. Ккана дагӏба. Кӏиябго республикая-лъул бетӏерас цоцазе бадирчӏваял гьаруна, чияр ракь кквеялда бан. Чачаназ абулеб букӏана, рехсарал хӏалтӏухъаби гьенире анин, хасаб операция тӏобитӏиялъул мурадалдаян. Ингушетиялъ загьир гьабуна батӏияб пикру: гьезие бокьун букӏана гьениб ракьазул суалалда тӏасан митинг тӏобитӏизе.\n2018 соналъул 26 сентябралде щвезегӏан Чачаналъулги Ингушетиялъулги гӏорхъилъун рикӏкӏунеб букӏана Фортанга гӏор. Гьанже, цӏияб къотӏи гьабун хадуб, Чачаналъе кколеб буго Сунжа районалъул ракьалъул 30 азарго гектар. Гьенир руго гьоркьохъел гӏасрабазул архитектураялъул памятникалги, ортсхойязул (ингушазул тухумазул бутӏа – гьезул пуланаб къадаралъ гӏумру гьабулеб буго Чачаналда – гьебги ккана дагӏбаялъе гӏиллалъун) сиялги.\nГьелде тӏадеги, ингушазул экспертаз абулеб буго, гьеб ракьалда геологазда ратун ругин ракьул магӏданалги чӏегӏернартги ва гьениб бугин жеги хӏалтӏизабизе биччачӏеб чӏегӏернартил 15 буругъги.\nИнгушетиялъул парламенталъул пикру ва Магасалда митингал\nБалъго гьабуна Чачаналъе ракь кьеялъул хӏакъалъулъ къотӏи, ай халкъалъул пикруялъул сан гьабичӏо. Бокьун букӏана, «чӏахӏиял» кабинетазда хӏукмуги гьабун, иш нухда лъезе. Амма гьелъул хӏасил ккечӏо. Ингушазул жамгӏиял гӏуцӏабаз август моцӏалдаго ахӏи бахъинабуна, гьез абулеб букӏана республикая-лъул муфтияталда, гьелде данде халкъ бахъинабеян, республикаялъул бетӏерас Грозныялда цебе «тӏагъур бахъулеб бугин» абун. Хӏукму къабул гьаби ккана Ингушетиялъул халкъ данде бахъиналъе аслияб гӏиллалъунги. Болжал цӏачӏеб митингалде рахъана тӏолалго ингушал. Гьез щибаб къоялъ тӏоритӏула Магасалда, Ингушетиялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги резиденциязда аскӏор, митингал. 50-ялдаса цӏикӏкӏун тухумалъул вакилзаби (Евкуровазул тухум хутӏизегӏан) гьениса нахъе унаро къасиги-къадги. Гьез лъазабуна: евкуровазулазул ясалги ригьнаде рачине гьечӏин, гьезул гӏолохъабазе ясалги кьезе гьечӏин. Гьез инкар гьабуна парламенталда ругел жидер депутатаздасаги. 30 депутат гьеб хӏукмуялде дандечӏун вуго, щугояс гьелъул рахъккун буго ва анкьгояс пикру загьир гьабун гьечӏо. Амма, власталъул тӏадецуялъул хӏасилалда, хӏисабалъул комиссиялъ протокол «рекъезабун буго». Гьанже кинго бажарулеб гьечӏо парламент данде бакӏарун – гьеб хӏукму тасдикъ гьабизе яги гьелдаса инкар гьабизе. Гьабсагӏаталда Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъ халгьабулеб буго, жидеца хӏукмуялда данде гьаракь кьун букӏанин абун хитӏаб гьабурал депутатазул гӏарзабазул.\nДагъистаналъул маслихӏатчагӏи Магасалда\nИнгушетиялде ине кколин абураб пикру загьир гьабуна цин ни-лъер гӏолилаз. Дихъе гьеб пикругун кӏалъана Гӏабдула Гӏалиев. Гьев ккола Москваялда ругел дагъистаниязул гӏолилазул ассоциациялъул жавабиявлъун вукӏарав чи. Гьедин гӏуцӏана маслихӏатчагӏазул къокъа. Ниж дандчӏвана Ингушетиялъул бетӏер Юнусбек Евкуровгунги, СКФОялда вугев РФялъул президентасул вакил Александр Матовниковгунги, РФялъул президентасул администрациялъул жанисеб политикаялъул управлениялъул начальник Андрей Ярингунги, рахъана ингушазул митингалда кӏалъазеги, бицана гӏемераб хабарги. Хӏасил-калам, нижехъа бажарухъе, хӏалбихьана маслихӏат гьабизе. Ниж тӏадруссун хадуб, Евкуровги, митингалъул гӏуцӏиялъул комитеталъул вакилзабиги, гьеб суалалда бан гӏуцӏараб комиссиялъул членалги бахӏсазе цо столалда нахъа гӏодорчӏанин рагӏараб мехалда рази-лъизеги бачӏана.\nРакьул масъала бугеб мехалда халкъалде данде халкъ гуребги, вацасде данде вацги вахъуневлъи кӏочене бегьуларо. Гьединаб масъала тӏубалеб мехалда цӏодорлъи гьабичӏони, рес буго нилъер республикаялдаги Ингушетиялдаго гӏадинаб дагӏба байбихьизе. Дагъистаналъул Гӏавухъ район цӏигьабиялда бан республикаялда бахъун букӏараб ахӏи киназдаго лъалеб батила. Гьеб сабаблъун чанцӏулго тунка-гӏусиял ккана Казбек районалъул Ленинаулалъулги Калининаулалъулги, Цӏияб Лак районалъулги жамагӏатазда гьоркьоб. Самур гӏурул рагӏалда ругел дагъистаниязул ракьалги, лъиданиги гьикъичӏого гӏорхъи-рахъги хисун, улкаялъул нухмалъиялъ кьуна Азарбайджаналъе. Жамгӏият буцӏцӏун чӏун бугони, гьеб малакь мерхьунеб гӏадат буго.\nДенга Халидов,"}
{"slug": "3170-gudull-iyal-ul-ko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3170-gudull-iyal-ul-ko", "title": "Гьудуллъиялъул кьо", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Учителасул къоги Къарахъа гьалбалги\nРугъелда ва Гьочоб росабазул школаз гьудуллъиялъулал бухьенал тӏезе толаро\nГьеб кӏиябго росу ккола цо мегӏералъ батӏа гьарурал, мадугьалихъ ругел росаби. Цӏул къанагӏатаб бакӏ букӏиналъ, цӏул-кан Къарахъе баччулаан Къелеса. Гӏи-боцӏиялъ бечедал рукӏиналъ, Къелебе хӏажалъулаан квас-гьан. Амма, гьоркьоб заман индал, цоцахъе щвей дагьлъана. Гьелде кӏварбуссинабуна Гьочоб росдал школалъул завуч Патӏимат Сурхаевалъ. Гьелъ Ругъелде битӏун бачӏана гьадинаб магӏнаялъул кагъат: «Нилъер росабазул умумузул заманалдаса нахъего рукӏана лъикӏал бухьенал. Рукӏана гӏемерал гьалбалги, гьудулзабиги, дармилал гьоркьорлъабиги, ризго щолаан цоцахъе, къварилъи-гӏатӏилъи загьир гьабизе гӏоло.\n«Ахираб заманалда росабалъе нухалги рахъа-на, нилъер бухьеналги къанагӏалъана. Нилъер гӏадаталги, гӏумру гьабиялъул къагӏидабиги цоцада релълъарал руго, мацӏгицин цоцада бичӏчӏула. Лъикӏаб букӏинарищ нилъеца, умумузул нух кӏоченчӏого, бухьенал цӏигьаруни», — ян. Жавабалъухъ гӏемераб мехалъ балагьун чӏезе ккечӏо гьочосел. Гьебго соналъ Ругъелда школалъул учитель Исмагӏилов Гӏалица гьочосел гьоболлъухъ ахӏараб кагътие жавабги гьабун, учительзабиги школа лъугӏун унел цӏалдохъабиги рачӏана Къелере. Гьелдаса нахъе гьоркьоб къотӏизе течӏо тӏаде-гъоркье хьвади. Щибаб соналъ цин Гьочоб, цинги Ругъелда яги кӏияздаго гьоркьоб магӏарда тӏоритӏулаан школа лъугӏун унезулгун дандчӏваял. Хадурги гьел сверана школазул коллективалго дандчӏваялде. Гьелги лъугьана кӏиябго росдал жамагӏатазул дандчӏваяллъун. Гьоркьо-гьоркьор жамагӏатазул вакилзабазул дандчӏваял тӏоритӏула шагьараздаги. Щибаб соналъ учителасул къо кӏодо гьабизе байбихьана цадахъ ва, масала, гьедин 2016 соналда Гьочобе ун букӏана 45 чиясдаса гӏуцӏараб къелесезул делегация. Гьелда гъорлъ рукӏана жамагӏатазул вакилзабиги, культураялъул хӏалтӏухъабиги, спорталъул гӏахьалчагӏиги. Гьеб къоялъ Гьочоб кӏодо гьабуна 3 байрам: Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабдула Даганов гьавураб къоги, учителасул къоги, кӏиябго росдада гьоркьоб вацлъи рагӏизабуралдаса 30 сон тӏубайги. Хадусеб, ай иргадулаб дандчӏваялде гьочосел рачӏана Къелере. Школалда тӏоритӏана рагьарал дарсал ва цогидалги тадбирал. Къокъго абуни, гьеб букӏана цоцазул хӏалбихьи цоцазе кьей, цоцазул гъалатӏал ритӏизари, гӏолареб жо малъи. Гьелдаса хадуб школалъул азбаралда данделъана гьалбалги, цӏалдохъабиги, росдал гӏадамалги. Учительзабазда байрам баркун кӏалъана кӏиябго школалъул нухмалъулел. Ракӏалдещвезаруна гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏарал, амма жакъа нилъгун гьечӏел кӏиябго школалдаса учительзаби. Гьалбадерие, араб соналъул хӏасилазул хӏакъалъулъги бицун, захӏматалъул церехъаби кӏодо гьаруна шапакъатаздалъунги: магӏарул адабияталъул ва мацӏалъул учительница Мухӏамадова Гӏашурае кьуна райУНОялъул рахъалъ Хӏурматалъул грамота, учительзаби Исмагӏилов Абулхӏасан, Хӏажимухӏамадов Мухӏамад, Исмагӏилов Гӏали — директорасул рахъалъ баркалаялъе мустахӏикълъана. Данделъиялда кӏалъарав Гьочоб росдал школалъул завуч Адухӏов Мухӏамадсултаница гьадин абуна: «Гьаб гуро нилъер тӏоцебесеб дандчӏвай.\nНилъер гьудуллъиялъул кьалбал гъваридал руго. Гьел къо анагӏан щулалъулелги руго. Биччай нилъер гьудуллъиялъул квар жеги щулияб, тӏолареблъун букӏине. Берцинаб гӏумруги хӏалтӏулъ чӏахӏиял бергьенлъабиги нужее», — ян. Данделъиялдаса хадур гьалбал щвана Мусрухъ бугеб тарихияб памятник — чанго гӏасруялъ цебе бараб си бихьизе. Гьалбадерие гьелъул кӏудияб интересги букӏана, гьелда хурхараб гьадинаб биценалъе гӏологи: Гьочоса Ичалов абулев бечедав чиясе бокьун букӏун буго гьеб си жиндиего бичун босизе. Гьелъухъ Ичалас росдае, рухӏ рикӏкӏун, куйги кьолеб букӏун буго. Амма, Ичаласул сиян абизе бокьичӏого, гьеб кьун гьечӏо.\nГьочоб росдада аскӏоб буго Гӏурухъ-сотӏа абулеб гьитӏинабго росу. Абула гьеб бугин гьидерил Хӏорода абулеб бакӏалдаса гьенире гочараз кьучӏ лъураб росуйилан. Гьеб росу букӏараб бакӏ бихьизеги бокьана гьалбадерие. Узухъда, гьезул мурадги тӏубана. Кӏиго къоялъ гьоркьоб къотӏичӏо зурма-къололги кечӏ-бакъаналъулги гьаракь. Ракӏалдещвезаруна гьаб гьудуллъиялъе кьучӏ лъуралги, жакъа гьанире рачӏине ва гӏахьаллъизе рес ккечӏелги, абадияб рокъоре аралги.\nГьалбал нухда регӏулеб данделъиялда Ругъел-да росдал школалъул директорас абуна: «Ниж кидаго чӏухӏарал ва рохарал руго гьадинал дандчӏваяздаса, къойидаса къойиде гӏатӏилъулеб ва тӏегьалеб нилъер гьудуллъиялдаса. Баркала нужее, хириял вацалги яцалги», — ян. Мухӏамад Тӏайгибовас Гьочоб росдал школалъул директор Гӏабдулахӏажи Гӏабдулаевасухъе кьуна ракӏалдещвеялъе къиматал сайгъаталги.\nАбичӏого гӏоларо, кочӏое бергьун махщел бугел гьочосезул учительзаби М. Насрулаевас, И. Жабрагӏиловас, М. Адухӏовас ахӏарал кучӏдулги киданиги кӏоченаро къелдерида.\nЖАКЪА БАЙРАМКЪО БУГО\nЖакъа байрамкъо буго къелдерил агьлуялъе,\nКъарахъа гьудулзаби гьанир сапаралъ щвараб.\nРакӏазулъ хинлъи буго, ханлъуда рохел буго,\nХарбиде регӏун гьечӏо, кочӏой гуреб нух гьечӏо.\nНухазул свак лъаларо халатал сапаразда,\nХириял гьудулзаби рихьизе бугеб хьулаз.\nУнтаби-ургъелазе замана батуларо,\nЗодил нухлъун къокълъула къаралазе Къелеб нух.\nКъо анагӏан гӏатӏилъун, сон анагӏан бечелъун,\nБиччай нилъер гьудуллъи даим кибго рагӏизе.\nРалъдалъ журалел гӏадин, гӏедерал нилъер гӏорал,\nГьезул гӏадаб цолъигун нилъ вацлъиялда тезе.\nКъелеб туманкӏ кьвагьизе Къарахъ васал гьаригун,\nГьочоб жергъен кьабизе гьаниб хъизан гӏуцӏигун.\nГӏолел наслабазухъе васигат гӏадин кьезе\nКьурабаз нугӏлъи гьабун, гьабураб нилъер къотӏи.\nРайон батӏияб бугин батӏалъичӏого чӏезе,\nГъотӏол кӏиябго гӏаркьел цо кьолбодаса бугин.\nКьварарал гӏазул мугӏруз рикьизе гьаруниги,\nРиидал тӏогьол цӏолел, цӏала гьез жидехъего.\nЗобги гӏахьалаб нилъер, бакъги зодихъ цо нилъер,\nЦоцаздаса батӏаго гьелъги хинлъи кьоларо.\nРикьичӏого, церехун цо нухдасан ина нилъ,\nАллагьасго цоцазе вацаллъун рижараб халкъ.\nСайпула Гьитӏинамухӏамадов"}
{"slug": "3171-premera", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3171-premera", "title": "Премьера", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Спектаклялдаса разиго хутӏана\nМагӏарул театралъ бихьизабуна «Цо ясалъул ункъо бахӏарав» абураб комедия\nАраб гӏасруялъул 70-абилел соназго магӏарулазухъ гьоболлъухъ рещтӏараб татаразул драматург Тӏупан Миннулинил гьеб комедия цӏидасанги такрарлъана Магӏарул театралъул сценаялда. Спектакль цӏигьабун къачӏан, сценаялда лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира Хӏабибулаевалъ. Спектаклялъул тӏоцебесеб цебебоси букӏана 18 сентябралда. Гӏадамаз гъираялда къабул гьабуна спектакль ва, гьезул гьариялда рекъон, гьеб цоги нухалда бихьизабуна.\nГьале сценаялда магӏарулазе вокьулев, жив цеве вачӏиндал, киналго рохулев, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъов, Дагъистаналъул\nмустахӏикъай артистка Машидат Гӏумарасхӏабова. Гьей ккола спектаклялъул аслияй багьадур. Магӏарулазда Машидат лъала хӏеренаб, рекӏелъе бортулеб гьаркьил кочӏохъан хӏисабалда. Гьеб сордоялъ магӏарулазда лъана цӏияй Машидат — гьелъ роль хӏалеб букӏана, кечӏ ахӏулебго гӏадин, хӏеренго. Гьединго спектаклялда гӏахьаллъана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Нурмухӏамад Нурмухӏамадов. Гьев вихьарабго, релъи рекӏунеб букӏана гӏадамазда — артистас рагӏигицин абизе кколеб букӏинчӏо. Гьединго спектаклялда ролал хӏана Мадина Мухӏамадрасуловалъ, Ибрагьим Муртазагӏалиевас, Салим Камиловас ва Мурад Хӏажиевас.\nАбизе бегьула жакъа Магӏарул театр бугин магӏарулал данделъизе цого-цо бугеб бакӏилан. Театралъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго рахьдал мацӏ цӏунизеги. Гьеб бихьулеб буго гӏолохъанал артистазул церерахъиназдасанги.\nСпектаклялъул къокъаб хӏасил: машгьураб журналалъул жилдазда Деляфрузил сурат бихьидал, гьелъухъ рокьи ккола лъабго росуцоясулги цо росу батӏиясулги. Гьелъухъ гуребха, гьелъул буголъиялде хьул лъурал бихьиназул. Гьел киназго, цояс хутӏизегӏан, гьабулеб букӏана гьей йокьулеб ххвел. Гьеб кинабго бичӏчӏарай Деляфрузица хӏукму гьабула гьел махсараде кквезе ва киналго цадахъ цого заманалъ ахӏула гъотӏокье. Цого заманалда гьенир дандчӏварав ункъасдаго бичӏчӏула жидерго «рокьул» къваридаб ахир. Деляфрузицайин абуни тӏасавищула жийги йокьулев жиндиеги вокьулев гӏолилав.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3172-fgosal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3172-fgosal", "title": "ФГОСал", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Цо-цо дарсал кьечӏониги бегьилаан\nШколалъул программа тӏубанго хисизабуна, федералиял пачалихъиял стандартилан цӏарги чӏван, къабул гьабураб документалъ\nЦӏалдохъабаз гъираялда нахъе рехилаан цо-цо дарсал расписаниялдаса. Учительзабазги гьел хисилаан цогидал дарсаздалъун. Цӏалдохъабазул эбел-инсуеги бокьилаан рокъобе кьолеб тӏадкъаялъул къадар дагьлъизабизе. Нижеца, Инстаграмалъул кумекалдалъун, цӏех-рех тӏобитӏана «Кинал дарсал школалда малъичӏого тезе бегьулел?» абураб суалалда тӏасан.\nДун школалда цӏалулеб заманалда, нижеда, ай ясазда малъулаан хьухьаризеги, угьаризеги, квен гьабизеги, рукъаризегун лъутӏаризеги. Васазда малъулел рукӏана бихьиназе хӏажалъулел махщелал – цӏул бичӏизеги, хъухъадизеги, бакӏ гьабизеги, трактор яги машина бачинеги. Абизе бегьила, советияб школалда лъимал куцалел рукӏанин букӏинесеб гӏумруялде хӏадураллъун. Жакъа иш батӏайиса буго. Федералиял пачалихъиял стандартилан цӏарги чӏван, школалъул программа тӏубанго хисизабуна. Масала, ИЗОялъул дарсида малъула (гьебги тӏаса-масаго) батӏи-батӏиял суратал рахъиялъул техника, жанрал ва байбихьула бицине халкъиял махщелазулги некӏсиял памятниказулги хӏакъалъулъ\nТехнологиялъул дарсидаги буго гьединабго хӏал: кин гӏуцӏизе кколеб хӏалтӏул бакӏилан абураб накъиталдаса хадуб цӏалдохъаби куцала кагътил ясикӏаби гьаризе, рукъаризе ва квен гьабизе, амма гьел – хадурккун хӏажалъизе ругел махщелазул кьучӏал – малъизе бихьизабун буго цӏакъ дагьаб заман. Масала, лъутӏаризеги рукъаризеги малъула ункъо дарсида. Щиб ясазухъа гьеб заманалда жаниб лъазабун бажарулебали, жаваб кьечӏониги, бичӏчӏулеб батила.\nНижер заманалда кечӏ ахӏиялъул дарсида кучӏдул ахӏулаан – гьелъие гьунарги щивасул бугин толаан. Рохуца холаго ахӏулаан нижеца – цо-цо яги кӏи-кӏиккунги хоралдаги. Жакъа гьеб дарсил бакӏалда буго музыка. Кучӏдул ахӏиялъул бакӏалда малъула нотаби хъвазе. Киналго композитораллъун рахъинарищха гьанже.\nДир пикруялда, байбихьул классазул цӏалдохъабазе рукӏине ккола цереккун рехсарал киналго дарсал, амма лъималазе рес кьезе ккола жидее бокьахъе, ай бажарухъе, бугеб пагьмуялда рекъон кечӏ ахӏизеги, сурат бахъизеги, кьурдизеги, пуланаб пьесаялда роль хӏазеги. Щуабилеб классалдаса хадуб малъизе бегьилаан дунялалъул маданият – художествияб, музыкалияб, архитектурияб, технологияб ва гь.ц. Гьелъул цо дарсги гӏелаан. Теория лъазабизе рес букӏунелъулха тарихалъул дарсидаги.\nБайбихьул школалдаго малъизе бегьулаан тӏабигӏат лъай. Кинаб хӏайваналъ киб гӏумру гьабулеб, щай цӏад балеб, кин лъугьунел гӏорал ва цогидал авалиял баянал кьела гьеб дарсида. Амма биологиялъулги, географиялъулги ва экологиялъулги мухӏканал, ай гӏелмияб кьучӏалда гӏуцӏарал баянал кьелаан 10-11 классазда, гьел дарсал хӏажалъулеб махщел тӏасабищарал цӏалдохъабазе.\nБуго инсанасе щибаб къойил хӏажалъулеб лъай. Масала, аскӏов вугев классцоясе квеш лъугьани, кинаб кумек гьабилеб? Тохтур тӏаде щвелалде, инсан хваликьа кин хвасар гьавилев? Къотӏносан унаго, дуда хадур лъугьани яги пуланав чияс дуе хӏинкъи кьолеб бугони, щиб гьабилеб? Гьел ва цогидал баянал, цӏалдохъанасул ригьалдаги рекъезарун, малъизе бегьила 1-11 классазда. Гьеб дарсида рукӏине ккела психологиялъулги, медицинаялъулги, экономикаялъулги, правоялъулги ва цогидалги гӏелмабазул баянал. Гьарилаан теориялъулги практикиялги дарсал. Жеги гъваридго гьединаб лъай щвела факультативазда – 10-11 классазда.\nДагьалъ цебе байбихьана малъизе ингилис мацӏ кӏиабилеб классалдасанго. Къватӏисел улкабазул мацӏал малъулаан кидаго, амма школалда гьебги лъазабун, тӏасабищараб мацӏалда гаргадун, накъит гьабун бажарулев цӏалдохъан къанагӏат гурони дандчӏваларо. Рахьдал мацӏалъул бакӏалдацин гьеб малъеян, репетиторазухъе хьвадунги, лъазабизеян хӏаракат гьабулел эбел-инсул пикруялда хадуйгъезе цӏакъ захӏмалъула. Гьезда кинго бичӏчӏулеб гьечӏо гӏадатияб жо: щивав чияс пикру гьабула цин рахьдал мацӏалда (психологияб даражаялда). Хадуб гьеб пикру буссинабула жаваб кьезе хӏажатаб мацӏалде – гӏурусалде, ингилисалде, парангалде ва гь.ц. Гьединлъидал, битӏараб букӏинаан, школалда цӏалулебгӏан заманалъ цӏалдохъанасда гъваридго рахьдал мацӏ лъазабизе тӏалаб гьабуни."}
{"slug": "3173-mazhlis", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3173-mazhlis", "title": "Мажлис", "date": "2018-10-22 00:00:00", "categories": ["history"], "text": "Лъайги тарбияги щолеб къебелъи\n13 октябралда Шамил районалъул Гьандихъ росулъ рагьана мадраса\n«Жамагӏаталъул газа кьурдаги рекӏуна» абураб умумузул аби цоги нухалда ритӏухъ гьабуна гьанхъадерил жамагӏаталъ. Гьез къокъабго болжалалда росурагӏалда, ай «Гӏарукь» абураб бакӏалда бана, Дагъистаналда цоги кибго гьечӏеб гӏадаб, цӏакъ берцинаб кӏудияб мадраса. Цо-цо чагӏазул кумек щваниги, аслияб куцалда мадраса бана жамагӏаталъ. Гьеб баялъе кӏудияб хӏалтӏиги гьабуна росдал бегавул Мутагӏилов Гӏабдурахӏманхӏажияс. Гьевин абуни ккола, хӏукуматалъ кьолеб мухьги босичӏого хӏалтӏулев вугев бегавул. Жиндиего щолеб харж гьес кьола росдал хасаб фондалде ва, гьесдаса мисалги босун, жамагӏаталъги байбихьана гьединго фондалде, ресалда рекъон, гӏарац кьезе. Гьедин данделъараб гӏарцухъ гьаруна мадраса баялъе гӏемерисел хӏалтӏабиги.\nМадраса рагьулеб къоялъ тӏобитӏараб мажлисалда гӏахьаллъизе гӏемерав чи вачӏун вукӏана Гьандихъе. Гьезда гьоркьор рукӏана ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-апандиги, гӏалим Хасмухӏамад-хӏажиги, муфтията-лъул мугӏрузулаб округалда вугев вакил Магьди-хӏажи Гӏабидовги, Сагӏид-апандиясул цӏаралда бугеб исламияб университеталъул ректор Гӏабдула Ацаевги, муфтиясул заместитель Магьди-хӏажи Мутагӏиловги ва районазул, росабазул имамзабигун диниял хӏаракатчагӏиги. Гьенир кӏалъазе рахъараз бицана гӏолеб гӏелалъе лъайгун тарбия кьеялъул бугеб кӏваралъул, гьудуллъи-вацлъи цӏунизе ккеялъул, щивав чияс тӏабигӏат берцин гьабиялде кӏвар кьезе кколеблъиялъул хӏакъалъулъ. Накъшубандиябгун шазалияб тӏарикъаталъул шайих Хӏумайд-апандиясул цӏар кьураб мадраса рагьулелъул, устарасул гӏумруялъул, гьес ракьалда тараб гъваридаб лъалкӏалъул хӏакъалъулъ бицана Мутагӏилов Магьди-хӏажица.\nИнкъилаб ккелалдеги гьелдаса хадуб дагьабго заманалъги гӏезегӏан машгьураб мадраса букӏана Гьандихъ. Хӏатта Дагъистаналдаго цӏар рагӏарав гӏалим Кьохъа Султӏанмухӏамад-хӏажица бицунаан гьанхъадерил мадрасаялда цӏаларав чи вугин живилан.\nМадраса рагьиялъул хӏурматалда тӏобитӏараб мажлисалда кӏудияб кӏалъай гьабуна ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-апандицаги. Гьес гӏолеб гӏел ахӏана исламиябги дунявиябги лъай тӏалаб гьабизе ккеялде, бицана жагьиллъи лъугӏизабиялъе сабаб лъай щвеялъулъ букӏиналъул хӏакъалъулъ. Умумузде хитӏаб гьабулагоги абуна лъималазе тарбиягун лъай кьезе сундаго барахщизе бегьуларин ва жакъа нилъее нигӏматлъун ругел телефоналги, компьютералги, интернетги гӏакълуялда рекъон пайдаялъе хӏалтӏизаризе кколин.\n«Дун вуго гӏемерав чиясул бакӏалде щолев чи. Амма, киве щваниги, дида лъилниги столалда тӏад лъун бихьичӏо я месед, я бриллиантал, хӏатта гӏараццин. Гьеб кинабго жаниб лъолеб гъутухъцин бихьичӏо. Дида лъала гьеб бечелъи щивас, гӏадан-чиясул бер речӏчӏулареб бакӏалда бахчун букӏунеблъи. Гьеб киналдасагоги нилъее хирияб жо буго нилъерго рижи, лъимер, вукӏа гьев вас яги яс. Амма нилъеца гьел цӏунулел гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, хасго ясал, кодоре хириялдаса хириял телефоналги кьун, битӏахъе витринаялда лъун рукӏуна. Гьедин бегьуларо. Гьезда малъизе ккола адаб, гьел ругьун гьаризе ккола захӏматалде, гьел рукӏине ккола тарбияги лъайги бугеллъун. Гьеле гьеб мехалда нилъер жамгӏиятги букӏине буго цебетӏурабги гъункарабги. Ясаз, руччабаз гьарула аварагзабиги, гӏалимзабиги, гӏакъилзабиги, бахӏарзалги. Гьединлъидал нилъеца нилъерго наслу, хасго ясал цӏунизе ккола щибаб къойил тӏаде гьулчун бачӏунеб бугеб гьаб чороклъиялдаса», — ян кӏалъана Дагъистаналъул муфти.\nГьединабго магӏнаялъул ва кӏваралъул кӏалъаял гьаруна цогидазги, ахӏана мавлидал, гьабуна дугӏа-алхӏам ва, тӏаде вачӏанщинав чиясе рекъараб гьоболлъиги гьабун, гьалбалги нухарегӏана гьанхъадерил жамагӏаталъ.\nМухӏамад Хӏабибов"}
{"slug": "3230-diktant-2018", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3230-diktant-2018", "title": "Диктант — 2018", "date": "2018-10-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Щибаб хъизамалда — рахьдал мацӏ\nДиктант хъвараб къоялъ Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда дандчӏвана батӏи-батӏиял гӏадамалгун.\nГьез загьир гьаруна гьеб тадбиралда тӏасан батӏи-батӏиял пикраби\nДица хъвазе гьечӏо\nХъумторхъала районалъул газеталъул бетӏерав редактор Жавад Закавовас абуна, жинца диктантги гьениб гӏуцӏараб диктанталъул хӏакъалъулъ макъалаги хъвазеги гьечӏин, жинда бичӏчӏуларин гьениве жив ахӏиялъул мурадги магӏнагиян. «Дун вуго гьаниб лъугьа-бахъунеб жоялъул нугӏ. Диктант хъваялъе гӏиллаги мурадги дида бичӏчӏуларо. Нилъеца диктантал хъванилан бугеб хӏал хисуларо. Кинабго байбихьула тӏасан. Рахьдал мацӏал чӏваялъул иш байбихьана Петр Тӏоцевесесул заманалдаго. Советияб власталъ ххвелал гьаруна, мацӏал цӏунулел ругинги абун.\nЖив дагъистаниявлъунги пуланаб мацӏалъул вакиллъунги рикӏкӏунев цониги чи разилъизе гьечӏо, Дагъистаналъул депутаталги тӏадрекъон, къабул гьабураб факультатив хӏисабалда рахьдал мацӏал малъизе кколин абураб пачалихъияб хӏукмуялда. Гӏурус мацӏалъул диктант хъвазе байбихьана гьеб мацӏ цӏуниялъул мурадалда. Амма гьелъулги хӏасил ккезе гьечӏо. Щай? Щайгурелъул, министразги, президентасги, депутатазги данделъабазда бицунеб гӏурус мацӏалда гъорлъ хӏалтӏизарула 10-15 процент ингилис мацӏалъул рагӏаби. Заманалдасан мацӏал тӏагӏина – щибаб къойил тӏагӏунеб буго цо мацӏ. Тӏагӏинчӏого рукӏине ккани, щибаб хъизамалда бицине ккола гьеб. Гӏурус мацӏалда кӏалъалел нилъер дагъистаниязги пикру гьабула рахьдал мацӏалда. Гьайгьай, рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏониги, вукӏине бегьула унго-унгояв магӏарулавлъун, мисалалъе, халкъалъул гӏадат-гӏамал гъорлъ бессаравлъун. Гьединавлъун гьев гьавула эбел-инсуца лъикӏаб, умумузул къагӏидаги цӏунараб тарбия кьун батани. Масала, лъарагӏазул вуго дунялалдаго машгьурав гӏалимчи Мурад Аджиев. 100 соналъ цеве гьесул кӏудияв эмен гочана Москваялде ва гьев гӏуна гьенивго. Гьесухъа бажарана миллияб хасият цӏунун.\nРахьдал мацӏал цӏуниялъулъ кӏудияб бутӏа буго районазул бутӏрузул бербалагьиялъул. Кин гьез къабул гьабулеб миллаталъул хазина – гьелда бараб букӏуна гьелъул къисматги. Гьабсагӏаталда мацӏ цӏунизе хӏаракат гьабулеб буго гӏицӏго рахьдал мацӏалъул учителасги миллияб прессаялъул журналистасги. Яхӏ-намус речӏчӏизабизе лъугьиналъул жо кколаро. Масала, нижер районалъул газеталъул бащдаб лъагӏалил подпискаялъухъ уна 100 гъуруш. Эбел-инсуца щибаб къойил кьола гьедигӏанасеб гӏарац школалде унеб лъимадухъе. Газеталъухъ гьеб кьезе бокьуларо. Гьедигӏанги бичӏчӏулеб гьечӏо нилъер гӏадамазда миллияб газеталъул кӏвар. Пачалихъалъул дотациял гьечӏого, миллияб газета хутӏизе рес гьечӏо жакъа. Щуго соналдасан пачалихъалъ гьелъие гӏарац кьезе гьечӏо. Газетал тӏагӏани, тӏагӏина хъвадарухъаби, шагӏирзаби, маданияталъе букӏина кӏудияб ками. Рокъоб бицунеб мацӏ – гьеб хутӏула рукӏа-рахъиналъул мацӏлъун. Бечедаб, художествияб рахъалъ буцӏараб мацӏ букӏине гьечӏо.\nГазеталде макъалаби хъвала кӏудияб гӏелалъ. Хӏалтӏухъабазулги ригь ун буго – гӏолилазе хӏалтӏизе бокьулеб гьечӏо, моцӏрое дагьаб гурони харж кьолареб бакӏалда. 10 процент гурони, гӏолилал гьечӏо миллиял газетазда хутӏун», -ан.\nТӏубанго батӏияб пикру загьир гьабуна ДГПУялъул ФДФалъул декан, филологиял гӏелмабазул кандидат, доцент Зайнаб Гӏумаровалъ. «Ахирал соназда нилъер рахьдал мацӏалъул хӏакъалъулъ бицуна батӏи-батӏияб жо. Гьединлъидал, диктант хъвай дица рикӏкӏуна, гьабичӏого гӏолареб тадбирлъун. Биччанте жакъагӏаги нилъер гӏадамазда ракӏалдещвезе, кинаб мацӏалъул вакил жив кколевали. Нилъерго маданияталъулги, адабияталъулги, мацӏалъулги хӏакъалъулъ бицинги буго аслияб мурад.\nГъоркьисаги гьабуна нижеца гьадинабго иш. Чиго вачӏинарин ракӏалде кколаан. Амма рачӏана. Рачӏаралги рукӏана батӏи-батӏиял министерствабаздаса хӏалтӏухъабиги, гьоркьохъеб лъаялъул махщелчагӏиги, бизнесменалги. Соналдаса нахъе дихъе кӏалъалел руго, жалги рачӏине бегьуларищан цӏехон. Нижер ректоралъги абуна, жинцаги жакъа диктант хъвазе бугин абун.\nДиктант хъвай буго нилъ ругин рахьдал мацӏалъул вакилзабиги, гьеб нилъеца кӏодо гьабизе бугинги абураб магӏнаялъул иш. Рахьдал мацӏазул центр рагьаралдаса нахъе балеб буго лъагӏел. Нижехъе махщел камил гьабизе вачӏана 150-ниги учитель. Гьезулгун нижер бухьен тӏун гьечӏо», — ян бицана гьелъ.\nДиктант хъвана Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул бутӏаялдаса. Текст цӏалана ДГПУялъул магӏарул мацӏалъул преподаватель, доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Нурмухӏамадовас. «Текст бачӏана министерствоялдаса. Гьеб хӏадурун батизе бегьула ДНИППалъул хӏалтӏухъабаз. Кинал критериязда рекъон текст тӏасабищарабали, дида лъаларо», — ян жаваб кьуна гьес, кинал шартӏалги хӏисабалде росун тӏасабищараб текстилан абун нижеца гьикъидал.\nДиктант хъвалел студентазда гьоркьор рукӏана васалги. Нижеца гьезда гьикъана, рахьдал мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе ракӏалда бугищан. «Бокьун буго дирго лъаялъул халгьабизе. Гьадинал тадбиразда бичӏчӏула, гьал соназда жаниб дуда щиб лъан бугебали.\nРакӏалда буго магистратураялдаги цӏализе. Хадуб – факультеталдаго хӏалтӏизеги бокьилаан, бажаричӏони, ина гӏагараб росулъе магӏарул мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе», — ян бицана ункъабилеб курсалъул студент Ражаб Гӏабдусаламовас. Гьев ккола Цӏумада районалъул Метрадаса. Гьес хъвала кучӏдулги. Гьел рахъун ругоан факультеталъ къватӏибе биччараб студентазул асаразул мажмугӏалда.\n«Дица тӏоцебесеб нухалда хъвалеб буго гьадинаб диктант. Цӏали лъугӏун хадуб, дун ине вуго росулъе, рахьдал мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе. Бокьилаан шагьаралдаго чӏезеги. Амма нижер школалъул директорасе бокьун буго гӏолохъанал махщелчагӏи рачӏине. Исанаго хӏалтӏизе вачӏаян абулеб букӏана гьез дида. Цӏалиги лъугӏизабун, инаха», — ян бицана Мухӏамад Хӏажиевас. Гьев вуго Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа.\nГӏолилазе — насихӏат\nТадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана ДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейги, ДГПУялъул ректор Марина Мухӏамадоваги, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовги, магӏарул мацӏалда къватӏибе биччалеб литературияб альманахалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Патахӏовги, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловги, ДНЦялъул РАНалъул Расул Хӏамзатовасул ирс лъазабиялъул централъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевги, ДРялъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевги. Гьез гӏолилазе гьадинаб насихӏат гьабуна:\nМ. Ахӏмадов: «Дие кӏудияб рохеллъун буго, магӏарул мацӏалда кӏалъазеги, хъвазеги, накъит гьабун бажарулелги гӏадамазда гьоркьове ккей. Ахираб заманалда лъикӏаб хӏал гьечӏо магӏарул мацӏалъул. Телефоназде къулараб гӏелалъ гьеб бицунеб гьечӏо, гьелда гьеб лъалеб гьечӏо. Диктант хъвай лъикӏаб иш буго, амма къваригӏун буго магӏарул шагӏирзабазул, классиказул асарал цӏализеги, лъазаризеги, школазда малъизеги. Дунялалдаго машгьурлъарал Расул Хӏамзатовасулги, Фазу Гӏалиевалъулги, Муса Мухӏамадовасулги ва цогидазулги асарал лъалел гьечӏо нилъер лъималазда. Рахьдал мацӏ цӏунизе цо гьитӏинабгӏаги иш щивас гьабуни, мацӏалъул адаб гьабулеблъи бихьилаан. Газетал-журналал хъван, рокъоб бицун, мажлисал магӏарул мацӏалда тӏоритӏун, ай кибго мацӏ хӏалтӏизабун, нилъеца хӏаракат бахъизе ккола нилъго магӏарулал ругеблъи бичӏчӏизабизе».\nМухӏамад Патахӏов: «Мацӏ чӏаго хутӏиялъул суал бараб буго цӏалдохъабазул эбел-инсуда, гьездасаги гӏемер – учительзабазда. Учительзабаз цӏалуде рокьи бижизабулеб бугони, цӏалдохъабаз гъираялда лъазабула гьес кьураб дарс. Рахьдал мацӏ кӏочон толеб бугони, как кин бухьинеб, дугӏа кин гьабилеб? Эмен хварав васасда «примите соболезнование» абун зигараги балеб бугони, эбел хварай ясалда «сочувствуюянги» абулеб бугони, кинал магӏарулалха кколел нилъ? Гьединаб хӏалалде ккун буго жакъа рахьдал мацӏалъул къисмат. Умумуз нилъехъего гӏадин, нилъеца наслабазухъеги гьеб жавгьар кьезе къуват кьеги нилъее!».\nТатьяна Гамалей: «Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къоялъул хӏурматалда, ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъ лъабабилеб нухалда исана тӏобитӏулеб буго диктант. Гьеб хъвазе гъира бугел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏунеб буго соналдаса соналде. Гьезие бокьун буго жидерго лъаялъул халгьабизе, хутӏун бугищ рахьдал мацӏалъулгун бухьенали лъазе. Гьаб акциялъул аслияб мурадги буго Дагъистаналъул бечедаб маданият букӏиналдеги гӏемер мацӏал рукӏиналъулъ гьелъул къанагӏатлъи бугеблъиялдеги кӏварбуссинаби. Тӏасияб сон ЮНЕСКОялъ лъазабун буго Дунялалъул кьолбол халкъазул лъагӏеллъун. Россияги гӏахьаллъизе буго гьелда». Министралъ университеталъе сайгъат гьабуна министерствоялъ дагъистаниязул мацӏазда къватӏибе биччараб антологияги.\nГӏали Камаловас байбихьана диктанталъул тексталда шагӏирас хӏалтӏизарурал рагӏаби хисизе рес бугищан абураб суалалдасан. «Носильщик – бегьулаанищ гьелъул бакӏалда хӏамбалал абун хъвазе? Кьабгӏарабищ, кьабурабищ? Лъица кин хъван батаниги, кьабураб букӏине ккелаан. Тайландищ, Таиландищ? Хӏикмат гьавунаянищ, хӏикмалъанайищ? Хъурарабищ, гъурарабищ? Къачӏан бугойищ, къачӏан бугоанищ? Соназищ, саназищ? Сувениралищ, сайгъатищ? Анцӏилъайищ, анцӏилъейищ? Авторас хъвараб къагӏидаялдайищ гьел рагӏаби телел, яги мацӏалъул грамматикаялда рекъонищ хъвазе кколел?» — абурал гьесул суалаз чӏаголъизаруна диктант хъварал магӏарулал. Гьикъана гьес «Хӏакъикъат» газета цӏалулеб бугищанги. Цӏалулин жаваб кьуна аудиториялда гӏодор чӏаразул 30 проценталъ. «Ункъо нухалъ дагьлъана газета цӏалулел магӏарулал. Нужеца жакъа мацӏги, маданиятги, газетаги цӏунулеб гьечӏони, нижер гӏелалдаса хадуб гьеб цӏигьабизе цӏакъ захӏматаб иш буго», — янги абун, гьес студентал ахӏана редакциялде гьоболлъухъ.\n«Текст хъвазе кколеб буго, гьаниб хъвараб къагӏидаялда. Гьабсагӏаталда кӏудияб масъала буго: цониги текст батуларо, битӏараб, щвалде щвараб къагӏидаялда хъвараб. Советияб заманалда рукӏана гьединал текстал. Гьезулъ советияб заманалъе хасиятаб лексика цӏикӏкӏун бугиланги абун, гьел тана. Гьезул бакӏалда диктант хъвазе хӏалтӏизаризе санагӏатал текстал цӏакъ къанагӏат гурони щоларо. Къабул гьабун гьечӏо грамматикиял правилабазул свод, гьелъги квалквал гьабулеб буго. Масала, ракӏбухӏана абураб рагӏи рекӏунищ хъвалеб батӏатӏунищ? Гьединал гъалатӏал ритӏизаричӏогойищ телел?», — ан бицана Мухӏамад Нурмухӏамадовас.\nАхӏмад Муртазагӏалиев: «Рахьдал мацӏалъул къисмат бараб буго хъизамалда кьолеб тарбиялда. Шагьаралда гӏураб, шагьаралъул школалда цӏалараб лъимадул лъимералъ лъималазул ахикьа бачӏунаго, рахьдал мацӏалда «Кӏудада!» — янги ахӏун, дида хурхунеб мехалда дир рекӏелъ букӏунеб рохалил асар! Дир лъималазул лъимал хьвадула Москваялъул школазде. Амма рукъалъул нуцӏа къаралдаса нахъе гьезда гӏурус мацӏ кӏочона. Гьезда ракӏалдецин кколаро, къотӏнор ругониги, школалда ругониги, гӏурус мацӏалда эбелгун кӏалъазе бегьилин абун. Гьедин куцазе ккола лъимал.\nПачалихъалъ тӏобитӏулеб буго халкъал журазариялъулаб политика. Гьелъие хӏажат буго цо мацӏалда кӏалъалеб халкъ букӏине. Нилъеца кӏвар кьечӏони, гьеб гьедин ккезеги буго».\nМухӏамад Мухӏамадов («Дагъистан» РИАялъул директор): «Дун школалда цӏалулеб заманалда диктанталда абулаан ахӏунхъвайилан. Жакъа гьаб диктант дие захӏмалъичӏин абуни, гьереси букӏина. Щайгурелъул жакъасеб тӏолабго гӏумру бухьараб буго гӏурус мацӏалда: гьелда кӏалъала, пикру гьабула, хӏалтӏулеб мехалдаги гьеб хӏалтӏизабула. Амма рахьдал мацӏ кӏочон тезего бегьиларо. Байбихьудаса ахиралде щвезегӏан гьеб диктант хъвазе ккей дирго кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏуна дица. Гьелдасаги цӏикӏкӏараб пайда щвана дие хъвадарухъабигун, рахьдал мацӏалъул гӏалимзабигун, преподавателалгун кӏалъазе щвеялдаса».\nДиктант захӏматаб букӏинчӏин бицана студентазги. Гьелъул хӏасилалги квешал ккезе ратиларо.\nМухӏамад Хӏамзаев: «Жакъа дир ракӏ буго, тӏоцебесеб курсалда цӏализе вачӏарав студентасулго гӏадин. Дун цӏакъ вохарав вуго, гьаб дарсида магӏарул мацӏги бокьун рачӏарал гӏадамал рихьараб мехалда. Гьадинал разиял цӏалдохъаби кьеги нужее Аллагьас».\nКавсарат\nСулейманова"}
{"slug": "3234-ikhtiyaral-tsiuni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3234-ikhtiyaral-tsiuni", "title": "Ихтиярал цӏуни", "date": "2018-10-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ракӏбацӏцӏадаб дармие гӏоло\nТӏолгороссиялъул Халкъияб фронталъ (ОНФ) халгьабуна АЗСазухъ\nОНФалъул Дагъистаналъул отделениялде рачӏарал гӏарзазда бицунеб букӏана машинабазе бензин тӏолелъул, автозаправкаялъул (АЗС) хӏалтӏухъабаз жидер ихтиярал хвезарулел ругин абун. Гьелда бан, «Ракӏбацӏцӏадаб дармие гӏоло» абураб проекталда рекъон, ОНФалъ халгьабуна республикаялъул шагьараздагун районазда бугеб 50-ялдаса цӏикӏкӏун заправкаялъухъ.\nХалгьабуна Махӏачхъалаялда, Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, гьединго, Хасавюрт, Цӏияб Лак, Казбек, Гъизилюрт, Хъумторхъала ва Дербент районазда ругел АЗСазухъ.\nГӏезегӏанго ратана ракӏбацӏцӏадго даран гьабулел предприниматель. Амма цо-цо АЗСазда тӏатана потребителасул ихтиярал хвезариялъул хӏужабиги. Рехселин гьезул аслиял:\n1. Гӏемерисел АЗСазда гьечӏо цӏатари бикьулел ва машинаялде тӏолеб бензиналъул къадар мухӏкан гьабулел пистолетазул халгьабиялъул хӏакъалъулъ сертификатал. Гьединго батичӏо халгьабизе рес кьолеб роценалъул алатги (мерник).\n2. Цо-цо АЗСалда гьечӏо «Потребителасул бокӏон» яги гьелда ран руго басриял, ай болжал лъугӏарал документал, гьездаго гьоркьор – бензиналъул даражаялъе нугӏлъи гьабулел паспорталги.\n3. Руго хӏалтӏизе ихтияр кьолел документалго гьечӏел заправкабиги.\n4. Цӏунулел гьечӏо цӏа ккеялдаса цӏуниялъул тӏалабал. Гӏемерисел АЗСазул газалъулги бензиналъулги колонкаби чӏезарун руго гӏадамаз гӏумру гьабулел минабаздаги, кафеяздаги, тукабаздаги, хӏатта шагьраялда цӏакъго гӏагарда.\n5. Цӏикӏкӏарасел заправкабазда цӏатари тӏоларо бичун босараб къадаралда.\n6. Лабораторияб гуреб къагӏидаялда, «Октис-2» абураб алаталъул кумекалдалъун халгьабуна цӏатариялъул качество. Гьелдалъун чӏезабуна, цо-цо заправкабазда АИ-92 маркаялъул бензиналъул бакӏалда бичулеб буго АИ-80 маркаялъул бензин.\n7. Гӏемерисел заправкабазда кьоларо чек, гьечӏо гьеб кьолеб алатгицин.\n8. Цӏатариялъухъ багьа цӏикӏкӏинабулеб буго жидеего бокьун. Гьебги гьабула гӏисинал заправкаби базаралдаса тӏагӏинариялъул мурадалда. Гьелъие гӏоло АЗСазулги АГЗСазулги бетӏергьабаз ва цадахъго гӏемераб цӏатари бичулел компаниязги къотӏи гьабулеб буго, пуланаб багьаялде киназго бензин бичиялъул хӏакъалъулъ.\nТӏатарал хӏужабазул хӏакъалъулъ чанцӏулго лъазабуна ДРялъул прокуратураялдаги, налогазул федералияб хъулухъалдаги, Роспотребнадзоралдаги. Амма рехсарал идарабаз тӏадаб хӏалтӏи гьабуларого буго. Кин батаниги, гьабсагӏаталда бакӏарун буго административияб низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ материалги, бахъун буго цо чанго заправкаялъул бетӏергьабазухъа гӏакӏаги.\nМухӏамад Мухӏамадов,\nОНФалъул модератор"}
{"slug": "3237-redaktsiyalde-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3237-redaktsiyalde-kag-at", "title": "Редакциялде кагъат", "date": "2018-10-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахӏи базе ккараб хӏал\nБуйнакск – Лаваша шагьранухал къачӏазе заман щун буго\nБуйнакск ва Лаваша районазул гӏадамазул рахъалдасан, рагьараб кагъатилан тӏадги хъван, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе хъвараб кагътида хъвалеб буго: «Буйнакск районалъул Карамахьи, Гъадар, Чанкурбе, Дурангъи, Арахкент, Хӏабщи, Гъоркьияб Жунгут, Тӏасияб Жунгут ва Лаваша районалъул Хъахӏабросу (Ахкент), Ухӏли, Къулецӏма, Урма росабазул гӏадамаз гьарулеб буго Буйнакскалдаса Лавашибе бачӏунеб шагьранух къачӏаялъе кумек гьабейилан. Гьабсагӏаталда гьеб буго машинаби хьвадун бажарулареб хӏалалда. Бакӏ-бакӏазда лъугьун ругел гвендазулги буго кӏудияб квалквал. Гьелъул хӏасилалда кколел руго авариял, холел руго гӏадамал. Кӏиябго районалъул гӏадамазе цӏакъго хӏажатаблъун ккола гьеб — нижеца гӏезабула хъапустӏан, картошка ва цогидалги нигӏматал. Гьединлъидал даран-базаралъе хьвадизе ккола Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразде, ракӏбацӏцӏадго кьола нухлул налогги. Цебеги нижеца, кумек гьарун, кагъат хъван букӏана Дагъавтодоралъул нухмалъиялъухъе. Рагӏи кьуна нухлул 4 километралде исана хъил тӏезе. Амма гьелдалъун нух къачӏай лъугӏуларо. Гьединлъидал нижеда ракӏалде ккана духъеги кагъат хъвазе, ва хьулги буго дуца нижер мурад тӏубаялъе квербакъилин».\nКагътида цадахъ лъураб щуго тӏанчида руго гьел районазул росабалъа гӏадамазул гъолбасалги. Ва ахиралдаги гьарулеб буго гьаб кагътие жаваб Закаря Мутуевасул цӏаралда, Буйнакск районалъул Къулецӏма росулъе битӏейин. Гьединго гьарулеб буго жавабалъул копия гьаб электронияб адресалдеги битӏеян: zakarya.mutuev@bk.ru."}
{"slug": "3238-insan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3238-insan", "title": "Инсан", "date": "2018-10-29 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏелмудул кӏулалъ рагьула тарихалъул гъамас\nТиплисалда батана Дагъистаналъул цебегосеб тарих\nКоммунистаз диналде рагъ лъазабун букӏиндал, диниял чагӏи гӏалимзабилъун рикӏкӏунароан, гӏараб мацӏалда хъварал тӏахьал рухӏулаан. Хӏакъикъатин абуни, гьелъул гӏаксалда букӏун буго. Рукӏун руго нилъер гӏалимзабиги, гьез данде гьабураб бечедаб тарихияб материалги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб гара-чӏвари ккана дир РАНалъул ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул востоковедениялъул отделалъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мухӏамад Шехмухӏамадовасулгун.\n— Мухӏамад, нужер отделалъул гӏалимзаби, аслияб къагӏидаялда, кир хӏалтӏулел, гьарулел цӏех-рехазул мурадал кинал ругел?\n— Ниж хӏалтӏула архивазда, музеязда, хӏукуматалъул ва жалго бетӏергьанал чагӏазул библиотекабазда, ралагьула некӏсиял хъвай-хъвагӏаял тӏад ругел ганчӏал (эпиграфика), гьединго хабалазул заназда хъварал баяназдасанги лъала къиматал хӏужаби.\n— Абула Типлис шагьаралъул архивазда Дагъистаналъул тарихалъул хӏакъалъулъ гӏемерал тӏахьалги, документалги, хъвай-хъвагӏаялги ругилан…\n— Чанго нухалъ щвана дун Москваялъулги Типлисалъулги пачалихъиял архивазде. Типлисалда гьединаб архив букӏиналъе гӏиллаги буго гьениб Кавказалъул сардарасул канцелярия букӏин. Гӏумаханил заманалдаса байбихьун, имам Шамилил ва къокъаб шаригӏаталъул заманги гьоркьобе бачун, цӏакъ гӏемераб ва цӏакъго къиматал документал руго гьенир. Дагъистаналда туснахъ гьаруразул, Сибиралде ритӏаразул цӏарал, гъанкъарал-чӏваразул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел документал. Шамилица ва гьесул наибзабаз цоцахъе хъварал кагътал, тӏарикъаталъул церехъабазда хадуб полициялъул букӏараб халкквей ва гьел туснахъ гьариялъул хӏакъалъулъ рицунел кагътал, Сибиралде ритӏаразул къадар, гьезул росабазул ва гьел ритӏарал бакӏазул цӏарал. Масала, накъшубандияб тӏарикъаталъул шайих Алмалоса Махӏмуд-апандида хадуб букӏун буго балъгояб халкквей, 1914 соналда гьев ккун вуго ва Россиялъул жанисеб губерниялде витӏун вуго.\n1914 соналда Дагъистаналда букӏун буго кӏудияб тунка-гӏуси (антиписарское восстание). Пачаясул тӏалъиялъ киса-кирего тӏамун руго гӏурус мацӏалда документал гьаризе. Цӏализе-хъвазе лъаларел гӏемерисел гӏадамал гьеб зулмуялде данде рахъун руго. Ратана Дагъистаналъул тӏалъиялдаса гӏарзалъ унел рукӏарал вакилзаби, гьездаго гьоркьов Сайпулагь-къадиги полициялъ нухда кквеялъул, хадуб гьезул ккараб къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел документалги. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ цебе щибго лъалеб жо букӏинчӏо.\n2011 соналда лъабго моцӏалъ хӏалтӏана дун Типлисалъул архивалда ва Кекилидзел цӏаралда бугеб квералъ хъварал тӏахьазул институталда. Гьениб буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун Дагъистаналъул хӏакъалъулъ бицараб гӏараб тӏехь. Масала, Шамил-имамасул гъазаваталъул хӏакъалъулъ Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил квералъ хъвараб тӏехь. Гьединалго хириял тӏахьал ккола Къудукьа Мусалас ва Гӏободаса Шагӏбанкъадица квералъ хъваралги. Гьел тӏахьал архивалда цӏакъ лъикӏ цӏунун руго, амма гьездаса копия бахъи хираго чӏолеб буго, масала, цо сураталъул копия бахъун уна 600 гъуруш.\n— Цоги щиб тӏатинабун бажарараб?\n— Нилъер тарихалъул, цере лъалел рукӏинчӏел, гӏемерал баянал ва хӏужаби тӏатана гьенир. Масала, 1863 соналда Занки-апандил ва Муртазагӏали-хӏажил цебехъанлъиялда пачаясул тӏалъиялде данде Закаталаялъул халкъ бахъиналъе гӏилла букӏун буго гьениб пачаясул тӏалъи хӏалица Гӏисал дин тӏибитӏизабизе лъугьин. Гьелъул хӏакъалъулъги лъалеб жо цӏакъ мукъсанаб букӏана.\nЧӏезабизе кӏвана, микьго сонги къотӏун, Ярославль губерниялде витӏарав Муртазагӏали Гӏурадиги Шурав къадилъун хӏалтӏарав Муртазагӏали Гӏурадиги цого чагӏи кколареллъи.\nМухӏканго лъалеб букӏинчӏо Гьидалъ наибзабилъун рукӏаразул цӏарал. Архивалда батана гьезул сияхӏ, хъулухъ гьабураб заман, гьезул хадусеб къисмат. Гьале гьезул цӏарал: Тӏелекьа Къебедмухӏамад, гьесул вац Гъазимухӏамад, Тӏидиса Чӏуриласул Нурмухӏамад, Гӏурадаса Гьитӏинасул Мухӏамад, Хӏотодаса Мугурил Гьитӏино, Мачӏадаса Месело, Гъумекиса Гӏабдурахӏман.\n— Москваялда бугеб Россиялъул пачалихъалъулаб рагъулабгун тарихалъул архивалда щиб батараб?\n— Цо анкьалъ гьенивги хӏалтӏун, тӏатинарун бажарана, цере лъалел рукӏинчӏел гӏемерал тарихиял баянал ва хӏужаби. Шамил-имамасул рагъда хурхарал, хасго асирлъуде ун хадуб ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ бицунел документал. Масала, Франциялде данде вагъулев вукӏарав Алжиралъул цевехъан Гӏабдулкъадирицаги имам Шамилицаги цоцазухъе хъварал кагътал.\n— Амри Шихсагӏидовгун цадахъ рукӏарал экспедициязда щиб хӏасил ккараб, кӏванищ цӏиял хӏужаби тӏатинаризе?\n— Профессор Амри Шихсагӏидовгун цадахъ хӏалтӏизе щвей дица рикӏкӏуна гӏумруялъул кӏудияб сайгъатлъун. Гьесул даражаялъул лъаялъул гӏалимчи-востоковед Северияб Кавказалдаго гьечӏо. Гьевгун цадахъ нижеца гелана Гъуниб, Гӏахъуша, Шамил ва Хунзахъ районал. Хӏисаб гьабураб мехалъ, нилъер умумуз бекьулеб ва бакӏарулеб букӏун буго гӏелму. Гӏемераб гӏелмуги нахъе тун ун руго мунагьал чураял дунялалдаса. Гӏараб тӏехь ва квералъ хъвараб Къуръан камураб росу цониги гьечӏо магӏарулазул. Гьеб кӏудияб рухӏияб хазина ккола. Росдал бокьарав гӏалимчиясул библиотека рикӏкӏине бегьула тӏубараб архивлъун. Гьенир ратула тарихиял ва маданияталъул хӏужаби, чӏухӏбуз цоцазухъе хъварал кагътал, гьарурал-хваразул хӏакъалъулъ баянал. Масала, Мачӏадаса Багъужа-дибирасул буго камилаб хӏалалъ цӏунараб 300 сонилаб архив. Гьеб архивалда ратана, цере лъалел рукӏинчӏел, гӏандалалгун цадахъ Надир-шагьасде данде рагъизе арал гьидерил рагъухъабазул хӏакъалъулъ бицунел хъвай-хъвагӏаял. «Рокъор чӏечӏого, ракьги динги цӏунизе шигӏиязул боязде данде къватӏире рахъе», — ян хъвараб хитӏаб буго гьел кагътазда гьоркьоб.\nГӏурадаса Ибрагьим-хӏажил буго цӏакъго бечедаб, лъикӏ цӏунараб ва гӏемерал къиматал тӏахьазул библиотека. Мисалалъе, гьениб цӏунун буго 800 соналъ цебе Гьоркьохъеб Азиялда парс мацӏалда квералъ хъвараб астрономиялъул тӏехь.\nМачӏадаса гӏалимчи Хӏадисил архивалдаса лъана гьесул мадрасаялда цого заманалъ 25 мутагӏалим цӏалулев вукӏараблъи. Доб заманалда гьеб рикӏкӏунаан кӏудияб мадрасалъун. Щайгурелъул доб заманалда гьелщинал цӏалдохъаби кваназариги гьезие рукъзал чӏезариги букӏана цӏакъ захӏматаб масъала.\nГьел архивалъул хӏужабаздаса бичӏчӏулеб буго, Гьидалъ гӏемерал гӏалимзаби рахъиналъеги, щибаб росулъ мадраса букӏиналъеги, гьенир гӏелму малъулел ва тӏахьал хъвалел чагӏи рукӏиналъеги аслияб гӏилла кколеб букӏин гьениб, цоги жамагӏатазде дандеккун, экономикияб рахъ бечедаб букӏин.\n— Заназда ратарал хъвай-хъвагӏаяз щиб бицунеб бугеб?\n— Заназда хъвараб цӏали нижее хираго чӏола, щайгурелъул гьезул гъоркьияб рахъалда рукӏуна нижеца ралагьулел къиматал баянал. Гьел ратизе ккани, зонол ракьулъе араб гъоркьияб рахъ 0,5-1 метралъ бухъизе ккола.\nГьел хъвай-хъвагӏаяздасан нижеда лъала пуланаб росулъе ислам бачӏараб, гьеб тӏибитӏараб ва щулалъараб заман. Заназда тарих хъвазе байбихьана XV гӏасруялъул ахиралда. Масала, Цӏулда росулъ ругел назаразул цо къоноялда ратана XVII гӏасруялъ гьенив вукӏарав бодул цевехъанасул букӏараб хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ баянал. Гуржиязул ракьазде гьес гьарурал чабхъеназул, ханзабазулгун гьарурал ракълилал къотӏи-къаязул хӏакъалъулъ бицунеб къокъабго тарих.\nХайдакъазул ханзабазул (къара-къурайшиял) хабалазда ругел заназда ратарал хъвай-хъвагӏаял дандегьарун, бахъизе буго суратаз бечед гьабураб тӏехь.\n— Гьебщинаб гӏелмияб хӏалтӏул хӏасил кин гьабулеб?\n— Къалмица хъвараб гӏоштӏоца къотӏуларин гурищ абулеб. Хӏисабкьей хӏисабалда, пуланаб гӏелмияб цӏех-рех лъугӏидал, хъвала макъалаби, тӏахьал. Ахирал соназда гьарурал хӏалтӏабазул хӏасилалда лъазе кӏвана XVI-XVII гӏасрабазда Бакъбаккул Дагъистаналда, Ираналдаса бачӏун, халватияб тӏарикъат тӏибитӏун букӏараблъи. Гьелъул церехъабаз кӏудияб хӏалтӏи гьабун буго халкъалда гьоркьоб исламияб бичӏчӏи-лъай кьеялъе, гьелдалъун гӏемерлъун руго мажгитал, мадрасаби, вакъпу-садакъа.\n— Мухӏамад, «Хӏакъикъат» гьоркьобккун газеталда ахиралдаги щиб абилеб?\n— Нижер гӏелмияб хӏалтӏуе квербакъулеб буго гьаб институталъул нухмалъиялде ккарал гӏолохъанал, бажари бугел, гьабулеб хӏалтӏул кӏвар бичӏчӏулел гӏалимзабаз. Гьезие ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго."}
{"slug": "3239-rasul-khiamzatovasul-barakat-nizher-rosdaegi-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3239-rasul-khiamzatovasul-barakat-nizher-rosdaegi-shchvana", "title": "Расул Хӏамзатовасул баракат нижер росдаеги щвана", "date": "2018-10-29 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Игьелдерил тарихалда кӏочонареб лъалкӏ тарал\nГьел рукӏана 1972 соналъул апрель моцӏалъул ахирисел къоял. Игьали росдал советалъул иргадулаб сессиялда, планалда рекъон, гӏенеккулел рукӏана Игьали, Кунзахъ, Цӏаналъ, Лъанлъари росабазул культучреждениязул лъагӏалил гьабураб хӏалтӏул хӏисаб кьеялъухъ. Гьенив кӏалъазе вахъарав Культураялъул рукъалъул директор Мухӏамадов Асхӏабгӏалица бицана тӏоритӏизе хӏисабалде росарал тадбиразул хӏакъалъулъ ва рехсана кватӏичӏого, ай май моцӏалъул ахиралда ихтилат-кеп бокьулел, кечӏ-бакъан хириял рагӏул устарзабиги кочӏохъабиги жанир рахъараб росу букӏинги хӏисабалде босун, киса-кирего кагътал хъванги тел кьабунги, къватӏир ругел росуцоялги ахӏун, «Росдал къо» тӏобитӏизе ракӏалда бугин. Нахъисеб къоялъго сессиялъул протокол, гьабураб хӏукмугун цадахъ, битӏана Гумбет райисполкомалъул культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун вукӏарав Бегаев Гӏалиханихъе. Гьев цӏакъ разилъана хӏукмуялда ва тадбир районалъулго даражаялда тӏобитӏун лъикӏилан абуна.\nДол соназда росдал советалъул председательлъун вукӏарав Бибулатов Сайгидгӏалица бицана, гьеб тадбиралде хӏадурлъулаго, цояс абунила Расул Хӏамзатовги ахӏизе кколин. «Хӏукму ккана, Расулил гӏагарав чи, Дагъистаналъул радиовещаниялъул магӏарулазул студиялъул редакторлъун вукӏарав Сагӏидов Мухӏамадида гьаризе Расулихъе аян», — илан ракӏалдещвезабуна Сайгидгӏалица. Расулицаги игьелдерил гьари къабул гьабуна ва, гьесул бихьизабиялда рекъон, хӏукму ккун буго тадбир республикаялъул даражаялда тӏобитӏизе, гьебги СССРалъ 50 сон тӏубаялъе сайгъат гьабураблъун тезе, тӏобитӏулеб заманги 21-22 июль бихьизабизе. Кватӏичӏого «Багӏараб байрахъ» газеталда бахъун бачӏана байрам тӏобитӏиялъул программа ва тӏолалго магӏарулал гӏахьаллъи гьабизе ахӏараб лъазаби. Гьеб тадбиралъе сценарий хъвазе ва хӏадурлъиялъулал хӏалтӏаби тӏоритӏиялъе нухмалъи гьабизе Расулица Игьаливе витӏун вачӏана Камил Закаряев.\nБайрам тӏобитӏана тӏабигӏат берцинаб, гьава лъикӏаб, лъим гьуинаб гьайбатал накӏкӏил рохьаз сверун ккураб игьелдерил «Гӏачӏила майдан» абулеб, росдадаса 3-4 километралъ рикӏкӏад бугеб бакӏалда. Кӏиго къоялъ халатбахъараб гьеб букӏана аваданлъиялъул ва ихтилат-кепалъул кинабго рахъ жанибе бачараблъун. Гьениб игьелдерил пандур хъвалезул къокъаялъ тӏоцебе кьучӏ лъуна пандур хъвалезул ансамблялъе игьелдерил администрациялда гъорлъе кколеб Кунзахъ росулъа Расуловазул хъизамалъулаб ансамблялъеги. Байрамалда гӏахьаллъи гьабуна тӏолалго магӏарул районазул ихтилат-кеп бокьулезги художествиял хӏаракатчагӏазул коллективазги. Бищунго хӏурматиял гьалбаллъун рукӏана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатов, гьесул божарав гьудул, композитор Ян Френкель (гьесие игьелдерица пандурги сайгъат гьабуна). Чӏахӏияз бицуна, гьеб тадбиралда гӏага-шагарго 16 азарго чияс гӏахьаллъи гьабулеб букӏанилан. Гӏадамал рекӏун рачӏарал машинабазул, автобусазул къадар 850-ялде бахунеб букӏанилан, тадбирги нухда анила тӏокӏаб букӏинаребгӏан берцинго, гӏахьаллъаразул разилъигун, гъалмагъир, къваригӏел гьечӏеб кӏалъай ккечӏого.\nТӏоцебесеб дандчӏвай\n1972 соналъул 21 июлалъул радал гӏужалда, чуяздаги рекӏун Расул Хӏамзатовасда дандчӏвай гьабизе, гьесухъе рекӏине цадахъ цоги чуги бачун, росдадаса 4-5 километралъ рикӏкӏада бугеб «Сагъри кьодухъ» абулеб бакӏалде ана хараби — Хӏамзал Хӏосен ва Исламдибир. Росу бакьулъ, Кӏудияб Ватӏанияб рагъда хваразе бараб памятникалда цебе дандчӏвай гьабуна игьелдерица кӏудияв шагӏирасда. Гӏисинал-чӏахӏиял — тӏолабго росу бахъун букӏана, жеги рагӏун гурони, вихьун вукӏинчӏев гьоболасда дандчӏвазе. Цересан квералги росун, хъваш-баш гьабуна Расулицаги. Хӏукму-хӏал цӏехедал, рагъул гӏахьалчи Нурудиница кигӏанго гьеб дандчӏваялда рекъараб гьечӏониги, гӏемер вихьулев чи Расул гуриланги абун, гьесухъа кумек щвеялде хьулгун, росулъ лъалъадиялъе ва хасало гьекъолеб лъадал рахъалъ бугеб къварилъи баян гьабуна. Расулицаги бажарараб кумек гьабизе рагӏи кьуна.\nРасулидасан щвараб баракат\nБицен батана, пачаясул заманалда такъсир гьабун, гӏайиб ккарав чи, Россиялда Сибиралде витӏулеб гӏадин, Игьалире ритӏулел рукӏаралилан. Гьедин, цо нухалда Игьаливе вачӏарав чияс рокъобе битӏулеб кагътида хъварабила, «жив вугин хварал бакъалда, чӏагоял рагӏдукь ругеб (хасало Игьалибе бакъ щоларо, росдада дандбитӏун бакълъул рахъалда ругел хабзалалъе бакъ къотӏуларо), гьаби риччараб, ганчӏал рухьараб (хасало рахсидаса борчӏараб гьой хадуб лъугьиндал, гьелда речӏчӏизе гамачӏ щун гьечӏо гьесухъе, цӏороялъ ракьалдехун рекӏун батун), гӏощтӏоца цӏер къотӏулеб, гьагьица лъим баччулеб (хасало, киналгӏаги лъиналги цӏорон, лъим гьечӏолъиялъ, гӏурул рагӏалда чӏвараб цӏер гӏощтӏоцаги къотӏун, гьагьица баччулеб букӏун буго рокъобе, биине) росулъ» абун. Риидал гьава-бакъ рекъараб, «кьер-кьерал нигӏматазул гӏор жанисан чвахулеб» курорт гӏадинаб бакӏ бугониги, хасало гьеб гӏунгутӏи кидаго букӏана игьелдерие. Умумуз гохӏал-щобалги гӏанлъун, кӏкӏалал, кьураби, ччукӏелал ругел бакӏаздасан цӏулал рогӏралги лъун, 9-10 километралъ рикӏкӏадаса бачараб лъим хасало букӏунароан. 1973 соналда байбихьана гьеб лъадал мухъ, маххул рогӏралги лъун, хасалоги букӏунедухъ къачӏазе. Доб заманалда, мугъчӏвалеб бакӏ щулияб гьечӏони, цо росдае яги магӏишаталъе хӏукуматалъ гьабулеб кумек цӏакъго дагьаб, пайда гьечӏеб букӏана. Рехсараб хӏалтӏи гьабулеб букӏана Хунзахъ МУОСалъ (Межрайонное управление оросительной системы). Гьелъул нухмалъулевлъун вукӏарав Атал Хӏажица абун буго жидее мугъчӏваялъе букӏине, Расулихъеги ун, гьесухъа цо кагъат щай босуларебин. Советалъул председательлъун вукӏарав Бибулатов Сайгидгӏали ун вуго Расулихъе. Сала-каламалдаса хадуб цӏехон буго мурад ва ракӏалдещвезабун буго игьелдерил харабаз бицен гьабун букӏараб масъала. Гьеб мехалда Расулица цебебахъун бачӏун буго тӏамач ва хъван буго Хӏажихъе кагъат. Нахъа, цӏалидал, Хӏажихъе сала-каламалдаса хадур хъвалел рукӏана гӏага-шагарго гьадинаб магӏнаялъул мухъал:\nИгьелдерил жамагӏат гӏузру бицун кӏалъайдал,\nДир рекӏеде тӏаде мун кӏанцӏун вачӏана, Хӏажи.\nДицаги хьиндалазе, гьеб дур щулалъиги лъан,\nЩулияб рагӏи кьуна, кумек гьабилин абун.\nАллагьасул рахъалъан баракат-кириги дуй,\nЖамагӏаталъул рахъалъ баркалаги даимаб.\nХадубги, къо-мех лъикӏ гьабулаго, щиб къваригӏаниги раккейила жиндихъеян абун буго Расулица.\nГьеб кагъат босун рачӏиндал, хӏалтӏи гьабизе жидеца тӏаде босилин, рогӏрал нужецаго ралагьизе ккелилан абун буго Хӏажица. Ана нахъеги Расулихъеян ракӏалдещвезабулеб буго Сайгидгӏалица ва гьес жиндирго лъале-хъвалезухъеги ахӏун, кумек гьабун буго хӏажатаб къадар рогӏразул балагьизе. Хасго кӏудияб кумек гьабуна «Дагънефть» цолъиялъул генералияв директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав Чӏохъа Сагӏидов Гӏабдулатӏипица. Махӏачхъалаялдаго къотӏун, Хунзахъе рехун, гьенисан вертолеталъ рехана рогӏрал хӏажаталъуре. Хӏажиги нахъе ун, гьесул бакӏалда тарав Хочоев Камилил хӏаракаталдалъун къокъабго заманалда Игьали росулъе чвахизабуна тӏубараб лъар.\nКӏиабилеб дандчӏвай\nГьел рукӏана ункъоабилел сонал. Хабар бачӏана, Расул Хӏамзатов Гумбет районалде вачӏунев рагӏулилан. Щибаб росулъ, культучреждениязда унел рукӏана хӏурматияв гьоболасда дандчӏваялъул мурадалда хӏадурлъиялъулал хӏалтӏаби. Кватӏичӏого хабар бачӏана Расулихъан, жив Гумбет районалъул Мелъелтӏе гурев, Игьаливе вачӏунев вугилан. Гьеб къоялде районалъул щибаб росулъа вакилзаби ракӏарана Игьалире. Дандчӏвай букӏана добго, Ватӏанияб рагъда хваразе росу бакьулъ эхетараб памятникалда цебе. Гьениб депутат, шагӏир ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ къокъабго баян кьуна Расулица.\nХадур кӏалъазе рахъарал районалъул нухмалъулез ва росабазул вакилзабаз лъикӏаб къимат кьуна магӏарул яхӏги махӏги ясбер гӏадин цӏунарав Цӏадаса Хӏамзатил вас Расулие. Гьайгьай, кидадай гьев вихьилаян рукӏарал игьелдериеги рес щвана жидее гьабураб кумекалъухъ гьесие баркала кьезе.\nХадув районалъул ва росабазул нухмалъулелгун цадахъ Расул ана игьелдерил рохьоб бугеб Аллагьасул хӏикмат бихьизе (гьенир руго хасало жаниса хинаб, риидал цӏорораб гьури, гьогьен ракьулъан къватӏибе бачӏунел картӏал). Гьениб лъикӏаб хӏухьбахъиги гьабун, къасиялдехун гьалбадерица игьелдерилгун къо-мех лъикӏ гьабуна.\nМагьди Гӏабдурахӏманов,\nИгьали росу"}
{"slug": "3281-komsomol-giutsiaraldasa-tiubana-100-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3281-komsomol-giutsiaraldasa-tiubana-100-son", "title": "Комсомол гӏуцӏаралдаса тӏубана 100 сон", "date": "2018-11-06 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ватӏаналъул кӏалтӏа къараб хъаравул\nГьал къоязда нилъер улкаялда кӏодо гьабулеб буго комсомол гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялъул юбилей\nУлкаялъул тарихалда ккарал лъугьа-бахъиназул, комсомолалъ гӏахьаллъи гьабичӏеб, цониги хутӏичӏолъиялъе гӏемерал мисалал рачине бегьила.\nДагъистаналъул гӏолилазул гӏуцӏиялъ нилъер умумуздасанго рачӏарал адаб-хӏурматалъул гӏадаталги хӏисабалде росун, кӏудияб гъира-шавкъалда хъулухъ гьабулаан захӏматалъул ветераназе, ригь арал, сакъатал гӏадамазе.\nКомсомольцаз кӏудияб захӏматалъул бутӏа лъуна халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьабиялъулъ ва гӏолилазе рухӏияб тарбия кьеялъулъги.\nВатӏаналъул ахӏиялъе\nгӏолилазул жаваб\nДун комсомолалъул кьеразулъе лъугьана 1965 соналъул маялда. Университет лъугӏаралдаса, школалда дагьабго мехалъги хӏалтӏун, ахӏана комсомолалъул Казбек райкомалде хӏалтӏизе. Гьеб букӏана 1974 сон. Гьеб заманалда гӏолилазул гӏуцӏиялъул букӏана гӏицӏго 56 сон.\nРайоналъул комсомолалъул гӏуцӏиялда хӏисабалда вукӏана 1500-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏолилав. Гьел рукӏана гӏолилазда гьоркьор бищунго жигарал васал ва ясал. Районалда, росабалъгун райцентралда букӏана комсомолалъул 50 гӏуцӏи. Гьез жигараб гӏахьаллъи гьабулаан районалъул социалиябгун экономикияб цебетӏей букӏинабиялъулъ.\nДол соназда гӏадатлъун билълъун букӏана комсомольцазулгун гӏолилазул бригадаби гӏуцӏи. Районалда букӏана гьединаб 25 бригада. Аслияб куцалда гьел хӏалтӏулел рукӏана гӏи-боцӏухъанлъиялда, хурухъанлъиялда, хасго картошка гӏезабиялда. Районалда гӏуцӏун рукӏана республикаялъул цо-цо промышленниял заводазул филиалалги. Гьезул цӏикӏкӏарасел рукӏана Махӏачхъалаялъул радиозаводалъул «тӏанчӏи». Гьел рагьизе гӏемераб хӏалтӏи районалъул нухмалъулезда цадахъ гьабуна комсомолалъул райкомалъги. Филиалал гӏуцӏун рукӏана Дилималда, Гуниялда, Буртунаялда, Ленинаулалда. Гьенир хӏалтӏана нус-нус гӏолилал. Гьезул лъикӏал рахъазул цояб букӏана промышленнияб къайи гьабулел гӏуцӏаби ругониги, росдал магӏишаталъул хурзабахъ гьабулеб хӏалтӏи хӏалуцараб мехалъ, колхозалъе, совхозалъе кумек гьабизе цадахъго рахъин.\nЦӏияв инсан куцай — аслияб масъала\nГӏолилазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏулъ гьезул хъизан-рукъалъул суалазде гӏунтӏун кинабго хӏисабалде босулаан. Мисалалъе, районалда 1975 соналда цо росулъ кӏиго гӏолохъанчи, ригьин гьабун нахъисеб къоялъ, жалго жидецаго гъанкъун ратана. Гьеб иш букӏана жиндехун кӏварбуссинабизе кколеб лъугьа-бахъин. Гьебги хӏисабалде босун, комсомолалъул хӏалтӏухъабаз хъизан гӏуцӏиялъул, гӏолохъанал рос-лъадуда жанир рукӏине кколел гьоркьорлъабазул специалисталги ахӏун, районалъул росабазул гӏолилазда гьоркьоб гьабуна кӏудияб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи. Гьелъул хӏасилалда бажарана тӏоцебе рукъалде руссарал гӏолилазе хъизамалъул рахъалъ тарбия кьеялъул иш лъикӏлъизабизе.\nРайоналъул комсомолалъул гӏуцӏиялъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабулаан гӏолилазул халкъазда гьоркьосел ишал, бухьенал гӏатӏид гьаризе. Районалдаса нус-нус гӏолилал, туристал хӏисабалда, щвана батӏи-батӏиял пачалихъазде.\nБилизе тараб тарбияб бечелъи\nАбизе бегьула гӏолилазул комсомол гьединаб жамгӏияб гӏуцӏи кибго букӏинчӏилан. Амма квеш ккараб жо буго гӏолилал куцазе букӏараб гьелъул хӏалбихьи, махщел гьанжесел гӏолел гӏелазе тарбиякьеялъулъ хӏалтӏизабулеб гьечӏолъи. Гӏемераб жо, кӏвар кьечӏого, билизе тана. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго гьабсагӏат районалдаги. Гьечӏо комсомолалъул музей ялъуни бокӏон. Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 30 сон тӏубялда бан гӏуцӏун букӏараб эстафетаялъул нахъе цӏунун щибго гьечӏо. Гьеб заманалда росулъа росулъе, ракӏарун гӏолилалгун, рохалилаб ахӏвал-хӏалалда кьолеб кӏудияб «Щивго кӏочон гьечӏо, щибго кӏочон гьечӏо!» абураб цӏаралда альбом букӏана. Гьелда жанире щибаб росдал комсомолалъул хӏаракатчагӏаз ракӏарун рукӏана росулъа рагъде аразул цӏарал, гьезул биографиял ва рагъулал нухазул хӏакъалъулъ баянал. Гьелги нахъе цӏунун гьечӏо.\nКазбек районалдаса рагъде ун вуго 1640 чи, гьезул 894-яв рагъдаса тӏадвуссинчӏо. Тӏадруссаразулги жакъа къоялъ гӏицӏго 3 чи гурони хутӏун гьечӏо. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан, районалъул гӏолилалги цолъизарун, музей гӏуцӏиялъул суалалда тӏад ургъани.\nКомсомолалъул кьеразулъа рахъана партиялъул, советиял ва магӏишатиял гӏемерал нухмалъулел. Гьезул цо чангояз республикаялъул кӏвар бугел бутӏабазда хъулухъги гьабуна. Гьелги ккола Юсуп Салманов, Сапивула Темирбулатов, Юсуп Мухӏамадов, Асланхан Мусаев, Юсуп Дадаев, Гӏабдуразакъ Хӏосенов, Ахӏмадпаша Зиявдинов, Сагӏадат Гӏабдуразакъова, Зайнудин Охъмазов, Ибрагьим Идрисов, Мухӏамадсагӏид Мамайханов, Темирсултан Къадиев, Абубакар Ибрагьимов, Сайрудин Эмеев, Гъайирби Гъайирбиев, Анварпаша Гъайирбегов, Кульписат Гӏабдулманапова, Гӏадукав Базаев ва гӏемерал цогидалги.\nРайоналъул комсомолалъ тарбия кьун гӏезавуна лъабго Россиялъул Бахӏарчи — Ленинаулалдаса Юрий Салимханов, Гуниялдаса Арзулум Илясов ва Калининаулалдаса Мухӏамад-Казим Гъайирханов. Гьездаса чӏухӏарабги буго Россия.\nКомсомолалъул белтал хиси\nГьеб букӏана комсомольцазул гӏумруялда жаниб цӏакъ кӏвар цӏикӏкӏараб политикияб лъугьа-бахъин. Комсомолалъул документал хисулеб заман букӏана дун комсомолалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулеб мех. Кӏиазариде бахараб къадаралъул ВЛКСМалъул членазул белтал хиси букӏана дол шартӏазда цӏакъ захӏматаб суал. Щайгурелъул, мисалалъе, гьезул щивасул суратал рахъизе кколеб мехалда, районалда цо гурони суратал рахъулев чи вукӏинчӏолъиялъ, цӏараб болжалалда гьеб хӏалтӏи лъугӏизаби букӏана жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш. Гьеб гуребги, щивав комсомолецгун дандчӏван, гьесул кинабго рахъалъан бугеб ахӏвал-хӏал лъазабизе кколаан.\nБайбихьуда цогидал районаздаса нахъекколел рукӏаниги, хадуб, рукӏа-рахъиналъул хъулухъ гьабулеб комбинаталъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏазаевгун цадахъ лъугьун (суратал гьенир рахъулаан), гьеб иш гӏуцӏизе нижехъа бажарана.\nРайоналдаса рахъарал гӏуцӏарухъаби цо-цоял жакъаги республикаялъул магӏишаталъул кӏвар бугел хъулухъазда хӏалтӏулел руго. Республикаялъул гидроэнергетикаялъе кьучӏ лъуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъде комсомолецлъун арав, гьенив батальоналъул командирлъун вукӏарав Гӏабдулвагьид Муслимовас.\nРеспубликаялда министрзабилъун хӏалтӏана районалдаса Хӏаписат Мухӏамадова, Сайгидпаша Гӏумаханов, Башир Байтемиров, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов. Дагъистаналъул прокурорлъун ва хадув Конституциялъулаб судалъул председательлъун хӏалтӏана Салман Хӏажимухӏамадов, Дагъистаналъул Хӏинкъигьечӏолъиялъул советалъул секретарьлъун вукӏана Ахӏмаднаби Магьдихӏажиев. Республикаялъул Верховный судалъул президиумалъул членлъун къогоялдасаги цӏикӏкӏун соназ хӏалтӏана юрист Гунащ Набиев. Гьел киналго руго комсомолалъул тарбия щварал гьалмагъзаби.\nНилъ рохизе ккараб хӏужа буго республикаялдаса 24 комсомолец Ленинилаб комсомолалъул премиялъе ва ВЛКСМалъул централияб комитеталъул хӏурматияб гӏаламаталъе (знакалъе) мустахӏикълъиги. Гьал къоязда басмаялда бахъана гьезул хӏакъалъулъ гьал мухъазул авторас хъвараб «Гӏумруялъул цебесеб кьерда» абураб мажмугӏги.\nЖакъасел шартӏазда комсомол яги гьелъ гӏадин гӏолилал куцалеб цоги гӏуцӏи букӏарабани, узухъда, нилъер гӏолеб гӏелалъул гьумер дагьабги берцинаб букӏинаан. Квеш букӏинароан комсомолалъул букӏараб хӏалбихьиялдаса гьанжеги пайда босани.\nЗикрула Илясов,\n1975-1980 соназда ВЛКСМалъул Казбек райкомалъул\nтӏоцевесев секретарь"}
{"slug": "3285-podpiska-2019", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3285-podpiska-2019", "title": "Подписка — 2019", "date": "2018-11-06 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Зулму гуро, хӏал гуро, «Хӏакъикъат» хъвазе буго\nАхираб заманалда гӏемерисезул кӏалдиб ругьунаб рагӏи буго заман квешлъун, гӏалагъважа цӏикӏкӏун, чороклъи гьарзалъун бугин абураб. Амма къанагӏатавги чияс хӏисаб гьабуларо ва жинцаго жиндиего суалги кьоларо, гьаб чороклъиялдаса рацӏцӏалъиялъе дицаго щибха гьабулеб бугебилан. Бищун бигьаяб жо буго заманалде гӏайиб рехи ва чияр бадибе унеб сумал гӏучӏ бихьизаби. Заман гурин квешлъун бугеб, дунги мунги жагьиллъиялъ кверде росун ругин, нилъерго бадиб къан бугеб чӏалу бихьизе бокьулеб гьечӏин абуни, мекъи-мекъи ралагьула, гьедин бугин тӏолабго улкаялдагойиланги абун, тӏалъиялде гӏайиб рехизеги лъугьуна. Гӏайиб гьечӏев гьудулги, багьана гьечӏей лъадиги йикӏунарин абула магӏарулаз. Гьелъухъего, цогидасул гӏайибал ралагьи лъугьин буго нилъерго жагьиллъи. Жагьиллъиялдаса кӏудияб мискинлъиги кинабха букӏинеб? Щибха гьабизе кколеб? Гьеб суал буго гӏасрабаз инсанияталда цебечӏараб, ва амма жаваб щвезе бокьарасда жаваб балагьизеги кӏолеб. Умумуз абула жагьиласул тӏагӏаталдаса гӏалимасул макьу хириябилан. Гӏалимлъун щивав чи вахъинчӏониги, жагьиллъи лъухьизегӏаги нилъеда кӏола. Гьелде ахӏулел руго «Хӏакъикъат» газеталъги. Жагьиллъиялде данде рагъ балеб алатлъун газеталгун журналал рукӏиналъулги гӏемер бицуна гӏакълуги бугел, гӏелмуялъул ахикьа пихъил тӏагӏамги цӏцӏулел, дунялги бихьарал, лъикӏабги квешабги батӏабахъизе лъалел гӏадамаз. Нилъер кӏудияв шагӏир Расул Хӏамзатовас абулаан газеталгун журналал ругин лъай кьеялъул къебелъийилан. Гьеб къебелъухъе вачӏарав чӏового тӏадги вуссунарилан.\nХӏурматияв магӏарулав, тӏасияб соналъе газеталъе подписка гьабулеб заманги тӏаде щолеб бугелъул, гьелъухъ кьолел гъуршазда барахщичӏого, хъвай ва цӏале миллияб басма. Гьеб хъвазе кколеблъи ракӏалдещвезабе мадугьаласда, гьудул-гьалмагъасда. Нилъеца нилъерго мацӏалъулги, тарихалъулги, адабиятгун маданияталъулги, гӏадат-гӏамалазулги къимат гьабичӏони, гьеб гьабизе къватӏиса чи вачӏунаро ва вачӏарасда цебеги нилъго намусаб ишги ккола.\nРедакция"}
{"slug": "3287-dag-istanal-ul-chiukhii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3287-dag-istanal-ul-chiukhii", "title": "Дагъистаналъул чӏухӏи", "date": "2018-11-06 00:00:00", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Солдатазда аскӏов гьев вукӏана солдатлъун, генералзабазда аскӏов – генераллъун\n25 октябралда Махӏачхъалаялъул Батирайил къотӏноб бугеб майданалда генерал-полковник Мухӏамад Танкаевасул памятникалда цебе, гьев гьавуралдаса 99 сон тӏубаялъул хӏурматалда, тӏобитӏана данделъи. Цӏар рагӏарав ракьцояв ракӏалдещвезавизе гьенире рачӏун рукӏана генераласул гӏагарал чагӏи, гьудул-гьалмагъзаби ва гӏадатиял махӏачхъалаялъулал. Гьесул гӏумруялъул, рагъулаб ва ракълилаб нухлул хӏакъалъулъ бицун кӏалъана генералгун дандчӏварал ва гьев лъалел рукӏарал гӏадамал.\nДРялъул культураялъул министрлъун хӏалтӏарав Гӏабдулатӏип Хӏажиевас абуна, Танкаевасда къадру бащадав рагъулав начальник Дагъистаналда жеги вахъинчӏин. ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул секретарь Махсутӏ Зайнулгӏабидовас бицана генераласулгун рукӏарал цо-цо дандчӏваязул хӏакъалъулъ. Ракӏалдещвезаруна, Расул Хӏамзатовас Танкаевасе къимат кьолаго, абурал гьал рагӏаби: «…Мухӏамад Танкаев киданиги гьимичӏо лъидаялиго берцин вихьизелъун, гьес лъиего бетӏерги къуличӏо. Гьес бетӏер къулана Ватӏаналда цебе, гӏумруялде нилъер бугеб бербалагьиялда цебе. Солдаталгун гьев вукӏана солдатлъун, генералзабигун — генераллъун», — ан.\nГӏакъилзабаз абула, бахӏарзал гӏезарурал халкъазе дунялалда хвел букӏунарин. Нилъеда тӏадаб буго Мухӏамад Танкаев гӏадал бахӏарзазул хӏакъалъулъ гӏолилазда кӏванагӏан гӏемер бицине ва гьезул мисалазда гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьезе.\nРагъ байбихьараб тӏоцебесеб къоялдаса нахъе гьев вукӏана фронталда. Командирлъи гьабуна взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Танкаев вагъана рагъ лъугӏизегӏан ва гьеб лъугӏана полкалъул командирасул хъулухъалда, подполковникасул чиналда. Рагъулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло ракьцояв мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазеги.\nБергьенлъиялъул къоялда Мухӏамад Танкаевас дандчӏвай гьабуна Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялда.\nРагъдаса хадуб Танкаевас хӏукму гьабуна рагъулаб хъулухъалда чӏезе. Гьесда лъалаан рагъул хъулухъалъе лъикӏаб лъай къваригӏунеблъи, гьединлъидал 1948 соналда гьес лъугӏизабуна М. В. Фрунзел цӏаралда бугеб Рагъулаб академия, 1960 соналда – СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул Рагъулаб академия, кӏиябгоги меседил медалазда. Хадуб букӏана ГДРалъул миллияб халкъияб армиялда Варшаваялъулаб къотӏи-къаялъул пачалихъазул-гӏахьалчагӏазул Цолъизарурал Северияб Рагъулал къуватазул Бетӏерав командующиясул хъулухъ. 1978-1988 соназда нухмалъи гьабуна Москваялъул Рагъулаб институталъе.\nРагъдаса хадусел соназда Мухӏамад Танкаевасе хӏукуматалъ кьуна гӏемерал шапакъатал, гьездаса бищунго тӏадегӏанал ккола Ленинил орден, Октябралъулаб революциялъул орден, «Багӏараб Байрахъ» орден ва тӏоцебесеб даражаялъул Ватӏаналъул рагъулаб орден, «Багӏараб Цӏва» орден, Командирасул хъанчгун ва цӏвагун Польшаялъул «Возрождение орден», ГДРалъул «Ватӏаналъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» меседил орден, Болгариялъул ва Монголиялъул орденал ва медалал.\nКигӏан кӏудияб хъулухъалда вугониги, Мухӏамад Танкаев кидаго хутӏана Ватӏан бокьулев, гьудулзабазул, ракьцоязул, росуцоязул ва гӏолилазул къимат гьабулев инсанлъун.\n1998 соналда Мухӏамад Танкаев нилъедаса ватӏалъана. Амма гьев нилъеда абадиялъ кӏоченаро. Гьеб мурадалда генераласе лъуна памятникал, къватӏазда цӏар ва гьесул гӏагараб Гӏурада росулъ балеб буго цӏияб музей, гьеб рагьизе буго 2019 соналъул 25 октябралда — Мухӏамад Танкаевасул нусгосонилаб юбилеялъул тадбиралда.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3288-danderussin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3288-danderussin", "title": "Дандеруссин", "date": "2018-11-06 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Шамилил мурид – чергесазул наиб\nР. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас хӏадур гьабураб тӏехьалъул презентация\nХӀX гӏасруялда имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва чияда бачӏолъиялъе гӏоло унеб букӏараб къеркьеялъул заманалда загьирлъана гӏемерал бахӏарзазулги наибзабазулги цӏарал. Гьединазда гьоркьоса машгьурав вуго Севериябгун Бакътӏерхьул Кавказалъул халкъазда гьоркьоб дин тӏибитӏизабизе, пачаясул Россиялда данде рагъизе, гьел цолъизаризе ва нухмалъи гьабизе имам Шамилица витӏун вукӏарав наиб Мухӏамад-Амин (Гӏасиялав). Исана гьев гьавуралдаса 200 сон тӏубала. Гьелда бан, Мухӏамад-Аминил ватӏан Гьонода росулъ ва республикаялъул тахшагьаралда тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал. Гьал къоязда республикаялъул Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана тарихиял гӏелмабазул кандидат Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас хӏадур гьабун къватӏибе биччараб «Магомед-Амин и народно-освободительное движение народов Северо-Западного Кавказа в 40-60 г.г. ХIХ века» абураб архиваздаса документазул, кагътазул, гӏелмиял макъалабазул, ракӏалдещвеязул мажмугӏ. Тӏехьалда лъурал материалазда якъинго рагьулел руго Шамилил наибас-гӏалимчияс, рагъул цевехъанас, гӏансаги Къуръанги гурого кодоб гьечӏого, Севериябгун Бакътӏерхьул Кавказалъул халкъалги цолъизарун, гьениб ислам-динги тӏибитӏизабун, анцӏила цо соналъ пачаясул Россиялде данде вагъиялъул ва цогидалги хӏужаби.\nТӏехьалъул презентациялда кӏалъазе рахъарал Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏалимзабаз, хъвадарухъабаз, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, Мухӏамад-Аминил росуцояз, гӏагарлъиялъ тӏадчӏей гьабуна Мухӏамад-Аминил гӏелмуялде, гӏагараб ракьалде букӏараб рокьиялда, ватӏаналъе ритӏухълъиялде, гьелъул лъикӏаб букӏинеселъе гӏоло насиб гьабураб гӏумруялда. Гьев мисаллъун вукӏине ккола гӏолеб гӏелалъе. Миллаталъул цебесеб тарихги, тарихалда цӏар тарал бахӏарзалги, адабиятги, маданиятги, мацӏги кӏочон тараб гӏелалъулги, миллаталъулги букӏинесебги пашманаб кколилан абураб магӏнаялъул кӏалъаялги рукӏана гьенир.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "3289-administratsiyal-ul-ishal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3289-administratsiyal-ul-ishal", "title": "Администрациялъул ишал", "date": "2018-11-06 00:00:00", "categories": ["pismo"], "text": "Жамагӏаталда мугъчӏвани, мекъи кколаро\nРосабалъ гӏадамал чӏезе ккани, рекъарал шартӏалгӏаги рукӏине ккеларищ?\nШамил районалъул росабазул лъикӏал бегавулзабазда гьоркьоб цӏар рехсола Ругъелда росдал бегавул Гьитӏинамухӏамад Гьитӏинамухӏамадовасулги. Росдал жамагӏатги разиго буго гьесдаса. Гьединлъидал ахираб заманалда гьабураб хӏалтӏулги, гьабизе бугелъулги, дандчӏвалел захӏмалъабазулги бицун, нижеца гьабуна гьесулгун гара-чӏвариги.\n— Гьитӏинамухӏамад, учительлъиги тун, бетӏер унтизабулеб гьаб хӏалтӏи тӏаде босиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Ракӏалде ккана учителасул хӏалтӏудаса росдаеги жамагӏаталъеги дидаса цӏикӏкӏун хайир букӏинин, гӏолохъангоги вугин, нагагь бажаричӏони нахъеги инин.\n— Щибха ккараб, бажаранищ? Сундаса хӏалтӏи байбихьараб? Кинал хӏалтӏаби гьарун бажарараб?\n— Дир хӏалтӏуе къимат жамагӏаталъ кьела. Амма хӏалтӏи байбихьана росабалъ ругел гӏолохъабазул сияхӏ гьабиялдаса. Щиб кканиги, гьезул кумек хӏажалъулелъулха. Цинги ваккана бюджеталде. Администрациялде гьоркьобе унеб анлъго росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, Гӏурчухъ, Хьиндахъ, Мусрухъ) бугониги, гьенир гьаризе кколел хӏалтӏаби гӏемер рукӏана. Амма, гӏадамазул къадаралде балагьун гурони гӏарац биччаларелъул, гьелги дагьго руго. Бугониги кӏварабщинаб гьабизе байбихьана. Масала, ругъелдерил Къараде авалалде ва мусрухъезул лъарада тӏасан лъуна машина хьвадизе рес кьолел кьоял. Сомода, Мусрухъ, Хьиндахъ рана кверкьовул рукъзал. Хьонохъ цӏигьабуна росдал къулгӏа, тӏадеги бана хӏамамги хӏажатханаги. Хьиндахъ бана 25 тонна лъел жанибе унеб хӏавуз. Гьединабго хӏавуз бана участкаялъул больницаялъеги. Цоги рукъ тӏадеги бан, гӏатӏид гьабуна администрациялъул мина. Ругъелда росдал клубалъе гьабуна капиталияб ремонт. Ремонт гьабуна Сомода росдал клубалъеги. Гӏемерисеб хӏалтӏи буссараб букӏана нухал-кьоял гьариялде. Ахираб заманалда цӏикӏкӏун руго машинаби. Чара гьечӏого хӏажат букӏана Ругъелда ва Хьиндахъ росабалъ машинаби чӏезаризе майдан. Гӏемераб гамачӏги баччун, къедги гьабун, гӏолохъабазул кумекалдалъун тӏубана гьеб суал. Росулъ буго хӏалтӏулеб Т-170 бульдозер. Гьелъул кумекалдалъун нухал гьаруна магъилъеги кулабахъеги. Гьанже ругъелдисезул рес буго Гьадахъ колоде щвезегӏан магъилъ минаби разе, сомолазеги гьаруна гьединалго нухал. Токалъул хӏал гӏоларого, Мусрухъ, Хьонохъ ва Сомода росабазул авалазда хисана трансформаторал. Дунго разияб хӏалтӏи буго байбихьун, амма исана гьеб рагӏалде бахъинаро. Гьебги ккола Гъоркьамочӏо абураб бакӏалда бараб лъел хӏавуз. Гьениб сверухълъи бацӏцӏад гьабун буго гъветӏ-хъарахъалдаса, къедги бан, лъел рахъги гьабун буго. Гьелда сверухъ рукӏине руго волейболги футболги хӏалел майданал. Сверухъ гъутӏбиги чӏезе руго.\n— Мискинабго бюджет букӏаго, кинха рес батараб гьелгощинал хӏалтӏаби гьаризе?\n— Бугеб цӏуна-къан хӏалтӏизабуна. Гӏемерисел хӏалтӏабиги гьаруна жамагӏатазул кумекалдалъун. Кумек гьабула депутатазги. Масала, цӏакъ рази вуго райсобраниялъул депутат Гӏабдулаев Мусадасаги Гӏурчухъ росдал депутат Хайрулаев Магъиласдасаги. Гьел кӏиялго руго жавабиял хӏалтӏуда ругел, амма рес батун росулъеги рачӏуна, кумекги гьабула. Рази вуго дун Ругъелда росдал имам Аюбидасаги, Сомодаса Хирамухӏамадидасаги, Хьиндахъа Хӏамзатидасаги.\n— Дуца нухмалъи гьабулеб администрациялде гьоркьобе уна 2 СПК, цо гьоркьохъеб ва 5 байбихьул школа, участкаялъул больница, 6 медпункт, 2 ясли-ах, бухьеналъул отделение, 4 культураялъул рукъ, чамалиго тукен. Гьезул хӏалтӏуда хадуб халкквезеги лъикӏаб-квешаб дандбазеги регӏулищ?\n— Кӏиябго СПКялъул хӏалтӏи квеш гьечӏо. Къваригӏараб-тарабги дандбала. Ккани кумекги гьабула. Хутӏарал идарабазул рахъалдасанги кумек щола, дицаги бажарараб гьабула.\n— Сунцаха жакъа, аслияб куцалда, бетӏер унтизабун бугеб?\n— Бетӏер унтизабулеблъун хутӏулеб буго токалъулги телефоналъул бухьеназулги суал. Гьеб кӏиябго букӏинчӏебани, дица цогидалъул бицинего бицинароан. Къелебе токалъул мухъ цӏана 1968 соналда. Гӏемерисел хӏубал руго басралъун, турун. Дагьабниги гьури бахъани, уна ток, ток гьечӏони букӏунаро телефоналъул бухьенги. Къелебеги, Ракьубеги, Дагъбашалдеги ток биччалеб подстанция буго Лъахъ росулъ. Гьел росабалъе унел мухъазда авария кканиги, ток свинабула Къелебе. Ток биччазе подстанциялда хӏалтӏухъанги вукӏунаро радал сагӏат 8 тӏубазегӏан. Районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас 5 моцӏрол харж кьуна подстанциялъул хӏалтӏухъабазе, къаси-къасиги гьел хӏалтӏуда чӏаралъухъ. Токалъул бугеб къварилъиялъул бицун дун гӏемеразухъе щвана. Чӏванкъотӏараб кумек гьабулев чи гьечӏого вуго. Мугӏрузул зонаялда вугев республикаялъул бетӏерасул вакил Мухӏамад Камиловас кумек гьабуна хӏубазул рахъалъан (19 хӏуби). Къелебе ва Ракьубгун Дагъбашалде ток биччалеб подстанция базе рагӏи кьун букӏана ДРялъул бухьеналъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумахановасги. Лъаларо щиб гьелъул ккелебалиги. Гьелдаго цадахъ унтараб суал буго бухьеналъулги. Къелебе, Хьонохъ росдаде тӏаде балагьараб бакӏалда лъураб телевышкаялде сигнал бачӏуна Хучада магӏарда бугеб телевышкаялдаса. Гьенибе унеб токалъул мухъалда авария кканиги (гьеб цӏакъ гӏемер ккола) къотӏула нижехъе бухьен. Дие рагӏи кьун букӏана цо хӏакимас «Мегафоналъул» бухьен гьабизе. Гьелъие гӏоло Хьонохъ бугеб телевышка жеги тӏадегӏан базелъун гьабуна машинаялъе нух. Гьебги жеги рагӏалде бахъинчӏо, дида бан гуребха.\n— Районалъул нухмалъулезухъа кумек щолищ?\n— Рес бугеб жоялъе гьезги, хасго бетӏер Хӏасановасги кумекги гьабула, хӏалаеги ратула.\nСайпула Гьитӏинамухӏамадов"}
{"slug": "3290-sakhgabize-kiolareb-unti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3290-sakhgabize-kiolareb-unti", "title": "Сахгьабизе кӏолареб унти", "date": "2018-11-06 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Паркинсонил унти сахгьабизе цӏакъ захӏмалъула\nГӏадалнахул нейронал жагъаллъиялда бан черхалъе ккараб гӏайиблъиялда магӏарулаз абула тӏуртӏудиялъул унтийин. Гӏелмияб къагӏидаялъ абуни — «Паркинсонил унти». Сахгьабизе кӏолареб нервабазул системаялъул гьеб унтиялъ, дару гьабичӏони, унтарав тӏуванго бусаде ккезавула.\nРФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, жакъа Россиялда тӏуртӏудиялъул унти бугел чагӏазул къадар 210-220 азарго чиясде бахуна. ВОЗалъул баяналда рекъон, дунялалда тӏад гьеб унтиялъ кӏвекӏулев вуго щуго миллионгӏанасев чи. ДРялда гьелъ унтаразул къадар 300-500 чи вугин абула, амма хӏакъикъаталдаги гьеб къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго.\nТӏуртӏудиялъул унти тӏибитӏиялъе бугеб гӏиллаялъул, гьелъ инсанасул сахлъиялъе гьабулеб заралалъул ва гьелдаса цӏунизе кколеб къагӏидаялъул бицун, дица гара-чӏвари гьабуна РКБялъул неврологияб отделениялъул заведующий, ДРялъул сахлъицӏуниялъул отличник Гӏиса Мухӏамадсултановасулгун:\n— Паркинсонил абун цӏар гьеб унтиялда лъеялъе гӏилла щиб?\n— 1817 соналда ингилисазул тохтур Джеймс Паркинсоница хъвана «Тӏуритӏудулеб параличалъул хӏакъалъулъ Эссе» («Эссе о дрожательном параличе») абулеб гӏелмияб хӏалтӏи. Абулеб букӏана живго Джеймсги гьеб унтиялъ унтун вукӏанилан. Гьеб рикӏкӏуна «Паркинсонил унти» абун гьелда цӏар лъеялъе гӏиллаги.\n— Кин ва сундалъун гьеб унти кколеб?\n— Гьелъие гӏиллалъун ккезе бегьула менингиталъ унти, захӏматаб ругъун, букӏин, цӏакъго заралиял синтетикиял наркотикал хӏалтӏизари, инсульт ва херал чагӏазул гӏадалнахулъе гӏураб къагӏидаялда би бачӏунарого букӏин…\n— Унтул гӏаламатал кинал рукӏунел?\n— Унтарасул вагъа-вачари хӏинцлъи ва гьеб эркенлъи гьечӏеблъун лъугьин, ччорбал дандекъан чӏезари, кверал, бохдул, нилъазулхӏама ялъуни тӏубанго черхго хадуб халкквезе кӏолареб хӏалалда тӏуртӏуди. Унти цӏакъго бичча-бихъан тедал: цо хӏалалда вахъун чӏезе кӏунгутӏи, унаго вахъун чӏун хутӏи, кӏалъазе, къулчӏизе ва кьижизе захӏмалъи, хӏинкъи тӏатин, ургъел гьечӏого лъугьин, бидул тӏадецуй гӏодобе ккей, гӏакълу-пикру мукъсанлъи. Бищунго пашманаб жо, унти сахгьабун бажаруларо.\n— Цудунго лъазе кӏолищ унти тӏатунеб букӏин?\n— Лугби яги черх сородизе байбихьилалде раккула хӏинкъиялъул цоги гӏаламатал: къаркъалаялъул гӏадлу хвей, махӏ чӏвангутӏи, къад гӏемер кьижизе бокьи, гъиз свари, мугъ къули, бохдул сороди. Маргъал бай, хьитазул чӏалал рухьи, кваналелъул гъуд-гӏучӏ хӏалтӏизаби гӏадал гӏиси-бикъинал жал гьаризе захӏмалъулеб букӏин рикӏкӏуна гьеб унтул тӏоцересел гӏаламаталлъун, ай цӏодорлъи гьабеян черхалъ балеб ахӏи. Нилъерго яги гӏага-божаразул гьединал гӏаламатал ругони, хасго кӏудияб ригьалъул чагӏазул, нахъбахъун течӏого, невропатологасухъе ине ккола.\nТӏуртӏудиялъул унти сахгьабуларо, амма гьеб хӏалуцинчӏого чӏезабизе кӏола.\n— Тӏуртӏудиялъул унтиялъ инсанасул чорхое кинаб асар гьабулеб?\n— Хола гӏадалнахул дофамин абулеб лъамалъи жаниб лъугьунел нервабазул клеткаби. Нервабазул клеткабаз, дофаминалъул кумекалдалъун, цоялъ цоялъухъе баян кьола. Ва гьелъул кумекалдалъун рекъезабула инсанасул вагъа-вачари, хехлъи ва тирилъи. Нервабазул клеткаби хвеялдалъун гӏадалнахулъ дагьлъула дофамин, гьеб дагьлъарабгӏан, унтиги цӏикӏкӏуна.\n— Тӏуртӏудиялъул унти сахгьабиялъул рахъалъ кинабгӏаги цебетӏейго бугищ, гьеб мурадалда цӏиял дараби ургъун ругищ?\n— Гьеб унти бугел чагӏи цо къагӏидаялъ ва цого дарабаздалъун сахгьаризе бегьуларо. Амма гьел сахгьариялъул лъалеб цебетӏей буго. Гӏураб къадаралда хӏадурулел руго дофамин хисулеб амантадин, витамин Е, селегилин гӏадал дараби. Нейроназул хвей хьадарлъизабулел мидантан, мирапекс, юмекс ва ПК-Мерц гӏадал дарабазулги гьечӏо бицине гӏураб къварилъи.\nАмма унтаразда чара гьечӏого лъазе ккола, тохтурас хъварал гурел, жалго лъикӏал лъугьун, дараби хӏалтӏизаризе бегьулареблъи.\n— Дараби гуреб, унти сахгьабиялъул цоги батӏияб-цӏияб къагӏида бугищ?\n— Цӏакъго захӏматаб хӏалалда вугев унтарасе операциялдалъун кумек гьабула. Гӏадалнахулъ лъола микрочип, компьютералдаги хурхинабун, гьелъ рекъезабула нейроназул хӏалтӏи ва рагъа-рашариялъе эркенлъи гьечӏолъи инабула. Нилъер республикаялда гьединаб операция гьабуларо, ине ккола Москваялъул Бурденкол цӏаралда бугеб нейрохирургиялъул институталде.\n— Унтарас кванил низам цӏунизе кколищ?\n— Гӏумру гьабулеб къагӏида гуребги, унтарас хисизабизе ккола кванил диетаги. Сахгьабиялъул диета хӏисабалда, чара гьечӏого тӏуразаризе ккола тохтурасул хадусел малъа-хъваял:\n1. Дагь гьабизе ккола кинаб букӏаниги кьаралъи.\n2. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна гьанал кванидаса тӏубанго инкар гьаби.\n3. Кӏванагӏан дагь гьабизе ккола щибаб богол кванил роцен.\n4. Пайдаяблъун рикӏкӏуна гьализабун хӏадурараб яги хӏухьлада гьабураб квен.\n5. Гьекъезе ккола даруял чӏахӏазул чай.\n6. Радал кваназе ккола гӏорцӏизегӏан, къаси кванала тӏадагьаб квен.\nДиетаги хасаб гимнастикаги рикӏкӏуна гьеб унти сахгьабиялъул аслиял къагӏидабилъун.\n— Тӏуртӏудиялъул унти сахгьабизе кӏоларин абунаха дуца…\n— Гьелъ унтун рукӏана Папа Иоанн Кӏиабилевги, боксер Мухӏамад Гӏалиги, хъвадарухъан Ираклий Андрониковги, шагӏир Расул Хӏамзатовги…\nДандекколеб терапия гьабичӏони, гьелъ палижалъул унтуде ва инвалидлъиялде рачуна. Тохтурасул малъа-хъваял тӏадчӏун тӏуразаруни, унти сасуна ва гӏумру гьабизе бигьалъула. Масала, Голливудалъул киноактер Майкл Джей Фоксил чанго сон буго гьеб унти сахгьабулеб.\n— Тӏуртӏудиялъул унтиялъ захӏматго ругел чагӏазе кумек гьабун бажарулел тохтурзаби ругищ Дагъистаналда?\n— Шагьаразул ва районазул больницабазул неврологиял отделениязда хӏалтӏулел тохтурзабаз гьабула гьезие къваригӏараб кумек. Цӏакъго захӏматаб хӏал бугони, ине бегьула профессорзаби Тажудин Мухӏудиновасухъе ва Зоя Гӏумахановалъухъе.\n— Тӏуртӏудиялъул унтиялъ кӏвекӏулел ругезда ва гьелъ унтизе бегьулел чагӏазда щиб дуца малъилеб, сунде кӏвар буссинабилеб?\n— Цӏунизе ккола ботӏрол ругънадаса, энцефалит гӏадаб захӏматаб бахунеб унтудаса, халгьабе бидулъ чакрил ва холестериналъул роценалда хадуб, гьединго бидул тӏадецуй гӏорхъолъа ине тоге. Унтун вугинги абун, вегун чӏоге, яхӏ гьабун, заман батун, вахъа цӏияб гьаваялде ва, невропатологасда дандги бан, байбихье унти бигьагьабулеб физзарядка гьабизе.\nГӏемерисел унтарал нижехъе рачӏуна унтиялъ мугъ къеда цвизабидал, ай цӏакъго кватӏун, гьединлъидал гьел сахгьаризе захӏмалъула.\n— Тӏуртӏудиялъ унтарал чагӏазе хӏукуматалъ чӏорого дараби кьолищ?\n— 1994 соналъул 30 июлалда РФялъул хӏукуматалъ тасдикъ гьабураб № 890 хӏукмуялда рекъон, Паркинсонил унти бугел чагӏазе хӏажатал дараби чӏорого кьола. Гьел росула республикаялъул бюджеталдаса биччараб гӏарцухъ. Гьеб мурадалда, республикаялъул неврологасул хӏасилияб хӏукмуги босун, рецепт тӏалаб гьабизе ине ккола хъвай-хъвагӏай бугеб бакӏалъулаб поликлиникаялъул участкалъулаб терапевтасухъе.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3293-mikrobazul-tushman", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3293-mikrobazul-tushman", "title": "Микробазул тушман", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Чӏахӏ-хералъул парччахӏ\nБиччанте нужер квен букӏине дарулъун, дару — квенлъун (Гиппократ)\nЩибаб росулъ камуларо халкъиял тохтурзаби-местӏерал. Нижер Гьентӏа росдал чӏахӏиял чагӏаз жакъаги адабалда рехсола квербитӏарав местӏер Бижалалъул Нурмухӏамадил цӏар. Гьес сахгьарулел рукӏун руго лъукъарал, унтарал ва сахлъиялъе жагъаллъи бугел гьидерил росабазул гӏадамал. Дол соназ, аслияб къагӏидаялда, унтаразул букӏунаан кӏиго батӏияб гӏарз: «бетӏер унтулеб буго», «чехь унтулеб буго» абун. Сахгьабиги букӏана «унти чӏезабиялда» рекъараб. Унтараб бетӏер, кӏвараб хӏалалъ дандекъан, кварица яги кьурараб чӏортоялъ бухьунаан, цо-цояз гьелда, къвакӏараб гӏучӏалъ кьурун, сверунжо балаан.\nУнтаби сахгьарулел дарабилъунги рикӏкӏунаан: мумия, гьоцӏо ва ражипер. Мумия хӏалтӏизабулаан рокьол унтаби, хасго бекараб ракьа сахгьабиялъе, гьоцӏо букӏана киналго унтаби сахгьарулеб дару, ражи рикӏкӏунаан къватӏул унтабазул тушманлъун. Гӏадамаз ражи хӏалтӏизабулаан дунял цӏорораб заманалда.\nЦебе магӏарухъ ражи къанагӏатаб нигӏмат букӏана, амма хасалоде гьелъул нахърател гьабичӏого цониги хъизан тӏубалароан. Хьиндалаз абуни, ражигун хинкӏал бищунго цӏакъаб квенлъун рикӏкӏунаан.\nДару-дарман къанагӏатаб некӏо заманалда ресалда ругел чагӏаз унти сахгьабиялъе ва рахунел унтабаздаса цӏуниялъе гӏоло ражи хӏалтӏизабулаан. Египеталъул пирамидабазда жаниб пиргӏавназул саркофагазда, гӏарац-меседалъул къайигун цадахъ археологазда батулеб букӏана ражи. Некӏсиял румазул аби букӏана: «Ражиялъ бахӏарчиясул рекӏеда гвангъун цӏа рекӏинабула, квачалъ гьелъул цӏер лъугьинабидал», — ан. Румазул легионеразул кванилъ ражи чара гьечӏеб букӏана, гьелъ рагъухъанасе къуватги хӏинкъи-къай гьечӏолъиги кьолилан рикӏкӏунаан.\nАнтибиотиказдаса къуватаб\nНекӏо гӏурусазул кашишаз рагъде унел гӏолохъаби тӏоритӏулаан гьадинаб каламалдалъун: «Хӏинкъи лъачӏого букӏиналъе гӏоло чӏвай чӏегӏераб борохь ва лъе гьеб квегӏаб чакмаялда жаниб, вагъизе рагъул майданалде унеб мехалъ, гьебго чакмаялъуб лъе ражидул лъабго бетӏер», — ан.\nНекӏсиял греказ гьелда «борхьил чӏахӏилан» абулаан ва борхьица хӏанчӏараб бакӏ, ражи чӏван, сахгьабулаан. Гьоркьохъел гӏасрабазда Европаялда ражи хӏалтӏизабулаан заралиял жалаз унтараб ургьимес сахгьабиялъе.\nГӏурусазул сахгьариялъе дару-дарман хӏалтӏизабизе кколеб къагӏида малъулеб тӏехьалда хъвалеб буго: «Ражи кунев чиясул ургьир бокьонацӏал (чирья) ва цоги заралиял жал рижуларо, рижаралги гьелъ хвезарула», — ян.\nРажиялъ унтаби сахгьариялъе бугеб гӏилла тӏатинабуна гӏалимчи Б. Токинил хӏалбихьияз. Ражиялдаса къватӏире рачӏун, хехго роржун унел жалаз (фитонцидал) чӏвалин унти ккезабулел киналго микробалин чӏезабуна гьес. Дагьал цере гӏалимзабаз тӏоритӏарал цӏех-рехаз бихьизабуна, гьабзаманаялъул къуватал антибиотиказухъа бажаруларел заралиял бактериялги ражиялъ хвезарулел рукӏин.\n1858 соналда парангазул химик Луи Пастерица ражидул гажал лъуна бактериял ругеб гъадароялда жанир, цо чанго къоялдасан гьесда бихьана гьелъул цонигиялда аскӏор бактериял хутӏун гьечӏеблъи.\nТӏоцебесеб ва кӏиабилеб дунялалъул рагъазулъ ингилисазул ва гӏурусазул рагъухъабаз пенициллиналъул бакӏалда ражи хӏалтӏизабулаан. Гьединго ражидул лъамалъи хӏалтӏизабулаан ругъназде ккарал микробал хвезаризе.\nГиппократица малъулеб букӏана рахунел унтабазда данде, ругъун чуризе, рак унти сахгьабизе, риххел инабиялъе ражи хӏалтӏизабизе кколин. Авиценнаца сапарчагӏазда малъулаан, чорокаб лъим гьекъезе кколеб бугони, бахунеб унти ккечӏого ва риххел щвечӏого букӏиналъе гӏоло, ражи квине кколин. Гьес абулаан жибго квине ражи къуватаб нигӏмат кколин, гьединлъидал гьеб лъикӏаб бугила кванилъ хӏалтӏизабизе.\nНекӏсиял греказул атлетаз Олимпиял хӏаязда, лъикӏал хӏасилал рихьизариялъул мурадалда, ражи кунеб букӏана.\nНилъер заманалда тӏоритӏарал медицинаялъул цӏех-рехаз ражидул бетӏералда гъорлъ букӏин тӏатинабуна: 0,4 процент эфиралъул нах, 0,3 процент гликозид аллиин, пировиноградияб къанцӏа ва аммиак, фитостеринал, фруктоза, крахмал, витаминал — А, Е, С, В1, В6, К ва D, фитонцидал, калий, натрий, кальций, магний, йод, кремниялъул, фосфоралъул ва чӏабтӏил къанцӏаби.\nРажидулъ буго 17 аминокислота, антиоксидантал, черхалъул чара гьечӏого къваригӏунел къанцӏаби — Омега 3 ва Омега 6. Амма гьелъулъ бугеб бищунго къиматаб жо ккола аллицин, гьелъ чӏвала бактериял, дандечӏола цӏа-кан бахиналда ва гьороялда.\n12 хӏужа\n1. Цинтӏаго рекӏел хӏалценалдаса ва инсульталдаса цӏуни.\n2. Бактериял ва вирусал хвезари.\n3. Иммунитет щула гьаби.\n4. Свакалда дандечӏей.\n5. Чакрил унтиялдаса цӏуниялъе квербакъи гьаби.\n6. Кеп-хӏалалда хадуб халкквей.\n7. Чӏукӏнабаздаса ва грибоказдаса черх бацӏцӏад гьаби.\n8. Нерваби гӏодоре риччазариялъе кумек гьаби.\n9. Мукъуралъул сахлъи цӏуни.\n10. Бихьинчиясул къуват цӏикӏкӏинаби.\n11. Рак унти ккеялдаса цӏуни.\n12. Гӏумру халат гьаби.\nКин хӏалтӏизабилеб?\nПайдаял жал цӏуниялъул мурадалда ражи гӏемер мехалъ белъине ва бежизе бегьуларо. Ражи гӏисин гьабун буссуна ва 5-10 минуталъ суркӏиниб тола. Гьеб заманалда жаниб уна химикияб реакция ва ражиялъ къватӏибе кьола аллицин. Бачӏинахъего буссараб ражи хьагинибе яги къоноялде рехани, гьеб реакция унаро. Аллицин къватӏибе бачӏарабго, 10-15 минуталда жаниб хӏалакъабго цӏадуда ражи белъани яги бежани, ражидул пайдаял хасиятал цӏунула. Амма лъикӏаб буго гӏатӏго квине.\nКъокъго абуни, цӏа хъвачӏеб ражиялъ сахлъи щула гьабула. Кӏочене биччаге, тӏирщараб ражи гӏодобе рехуге, гьеб черхалъе жеги пайдаяб букӏуна.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3294-khasab-pikru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3294-khasab-pikru", "title": "Хасаб пикру", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏатӏидаб нух, халатаб хьул\nВасильевасул каламалъулъ буго ракӏчӏейги жавабчилъиги\nЖурналисталги данде ахӏун, телевидениялдасан суалазе жавабал кьезе тӏоцебе байбихьана ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Мухӏамадсалам Мухӏамадовас (2010-2013 сонал). Букӏанищ гьелъул пайда, кканищ хӏасилго? Гьеб суалалъе жаваб кьезе дун лъугьинаро, амма гьеб иш лъугьана лъикӏаб къиматалъе мустахӏикъаб, информациялъулаб гӏумруялъулъ цӏияб хӏужалъун. Гьесдаса хадув бетӏерлъун вачӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповасул (2013-2017 сонал) рукӏана хасал къагӏидаби, цогидал нахъгӏунтӏуларел хиялал, пикраби, бичӏчӏизе бигьаябин кколеб магӏнаялде босизе захӏмалъулеб калам, гьединалго ишал. Мухӏамадсаламица байбихьараб иш гьес гӏемерго цебетуркӏизабуна, гьелда цӏияб рухӏ речӏчӏизабуна. Кӏигониги нухалда дунгоги ккана телевидениялде («РГВК») данде гьарурал журналистазда гьоркьове. Абиларо гьениб «къараб» ахӏвал-хӏал букӏанин абун, журналистазе кьун букӏана гӏезегӏан эркенлъи, гьукъун букӏинчӏо бокьараб суал кьезе, хӏакъаб жо, рукӏана суалал цереккунго кьезе хӏадур гьарун, бетӏерасул пресс-хъулухъалъулгун дандраралги. Амма хӏалбихьи бугев политикияв хӏаракатчияс, рагӏул устарас цониги суалалъе жаваб кьечӏого толароан. Кинаб суалалъе жаваб кьолеб бугониги, Гӏабдулатӏиповасухъа бажарулаан кинабго бербалагьи жиндехун буссинабизе ва цӏакъ гӏемер хӏалтӏизарулаан «дун», «дица» абурал рагӏаби. Жинда лъаларебги букӏине, живги мекъи ккезе бегьулин, жинхъаги рорчӏун ратизе бегьулин гъалатӏал абурал пикрабицин рукӏинчӏин ккола дида гьесул. Гьелъ батизеги бегьула Дагъистаналъул бетӏерлъуде вачӏаралдаса нахъе гьесие цӏакъго хирияллъун ккарал «Дагъистан, гьанжелъизегӏан кваназабун гурони, сахгьабулеб букӏинчӏо», «церехун рукӏарал нухмалъулел журана басрияб «системаялда» рекъон хӏалтӏизе, гьединлъидал гьезул хӏалтӏиги цебе инчӏо, дица хисизабизе буго тӏолабго система» абурал цӏакъ берцинал, гӏадатиял гӏадамазул гъирабазабулел, гьезул хьул ва божилъи бижизабулел рагӏаби чӏорогояллъун хутӏарал.\nВачӏана, бихьана, ургъана…\nГъоркьиса хаслихъе Гӏабдулатӏипов хӏалтӏудаса нахъе витӏи парахатго къабул гьабуниги, гьесул бакӏалде я нилъ, я нилъеда гӏемер лъаларев Владимир Васильев витӏун вачӏин ккун батила ракӏалдаго букӏинчӏеб лъугьа-бахъин. Халкъалда гьикъун бетӏер я тӏамулеб, я вахъулеб низамги нилъер гьаниб хӏалтӏуларелъул, гӏадамазе хутӏараб жо букӏана цо — лъикӏал хьулалгун иргадулав бетӏерасул рагӏухъ, ишалъухъ, гьесул «цӏилъиязухъ» ралагьун рукӏин. Тӏоцересел моцӏал гьедин анин абуни, гӏемер мекъиги ккеларо. Хадуб дагь-дагьккун байбихьана чӏахӏиял хъулухъаздаса чиновникал рахъизе, гьезул цо-цоял жанир лъезе ва гьезул бакӏазде цӏиял, хасго Татарстаналдаса гӏадамал тӏамизе. Гьелдаго цадахъ бичӏчӏана Васильевас Дагъистаналда хӏурият гьабизе гьечӏеблъи. Гьесул гьединаб мурадги батиларо. Амма лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал кьучӏдасанго хисизаби буго чӏванкъотӏун гьесда «тӏад лъураб гьир», гьелъие рагьун руго киналго нухал, руго президентасул божилъигун квербакъи. Гьеб кӏудияб ва захӏматаб хӏалтӏулъ рихьулел ва лъалел рукӏарал масъалабазде тӏаде цӏияв бетӏерасда дандчӏванин ккола ракӏалдаго гьечӏеб чанго масъалаги:\n1. Захӏматаб гьир тӏаде бегун букӏин бичӏчӏаниги, гьесда щвалде щун лъалеб батичӏо церечӏарал масъалабазул гӏатӏилъи. Гьеб хӏужа бичӏчӏун хадуб гьес битӏахъе бетӏер ккунинги ккола.\n2. Гьесда ва гьесул командаялда гьанжего гьанже бичӏчӏизе байбихьараб хӏисаб буго Дагъистаналъул ва дагъистаниязул хаслъиги гӏадат-гӏамалги.\n3. Буго цоги суал — киналго рахъизе (жанир лъезе) мустахӏикъал жавабиял хӏалтӏухъаби рахъани, щал тезе ругел гьезул бакӏазда? Рахъичӏого тани, кин гьелгун хӏалтӏизе ругел? Хӏалтӏизе кигӏан захӏмат букӏаниги, жеги дагьаб заманалъ, цӏиял, профессионалиял кадраби ракӏаризегӏан гьелгун (республикаялда ругел федералиял органал, республикаялъул идараби, муниципалиял гӏуцӏаби) хӏалтӏичӏого рес гьечӏеблъиялъулги, гьеб суалалъулъ кьури гьечӏеб гӏадлу- низам чӏезабизе букӏиналъулги хӏакъалъулъ Владимир Васильевас бицана 30 октябралда телевидениялда («РГВК») журналистазулгун букӏараб данделъиялда. Аслияб суал тӏасияб соналъул бюджеталъул хӏисаб-суал гьаби, ругел баянал дандрай бугониги, хъулухъалде тӏамураб лъагӏалида жаниб журналистазулгун букӏараб тӏоцебесеб данделъиялда Васильевас рорхана цоги кӏвар бугел масъалабиги. Гьесда цадахъ данделъиялда рукӏана хӏукуматалъул председателасул заместитель, экономикаялъулгун финансазул министрал, пачалихъалъул ва хӏукуматалъул жавабиял хӏалтӏухъаби. Амма аслияб кӏалъай гьабуна ва суалазе жавабал кьуна Васильевас. Лъагӏелалъ заман батичӏеб гьаб мисалалъул данделъи щиб гӏиллаялдалъун гьанже тӏобитӏараб? Гьелъие жаваб кьуна живго Васильевасги:\n1. Гьанжелъизегӏан нухмалъиялъул букӏинчӏо чӏванкъотӏун дагъистаниязда цебелъезе гӏураб, хӏасил ккараб хӏалтӏи. Гьабсагӏаталда буго гьабураб хӏалтӏиги, руго рекъараб къадаралъул хӏасилалги, гьабизе бугеб хӏалтӏул бичӏчӏиги, гьелъие ресалги.\n2. Лъагӏалил бюджет цӏакъго кӏвар бугеб, республикаялъул гӏумруялъул кьучӏлъун букӏинги хӏисабалде босун, гьелъул баянал-тӏалабал дагъистаниязда дандразе бокьи.\nБице, малъе…\nБайбихьуда букӏараб кӏалъаялъулъги, суалазе кьолел жавабазулъги Васильев вукӏана ракӏчӏун, бокьараб суалалъе жаваб кьезе хӏадурго. Бихьулеб букӏана лъагӏалида жаниб нилъер хӏакъикъаталъ гьев лъикӏаб хӏалалда лъадарун вукӏин. Цоги хӏужа: цо-цо тарихазулъ чӏванкъотӏи гьечӏониги (гьелъие рукӏана вице-премьер, министрал) цо-цо цӏаразулъ (росаби, районал) мекъи кколев вукӏаниги, бихьулеб букӏана Дагъистаналъул масъалаби гьесда гӏезегӏан гъваридго ва мухӏканго ричӏчӏулел рукӏин. Хӏалбихьи бугев генерал вукӏаниги, гьев гӏажаиблъун вугоан нилъер гьаниб дандчӏвараб ришватчилъиялда, сундухъго балагьичӏого тӏибитӏун бугеб цӏогьалда. Мисал хӏисабалда гьес рехсана ТФОМС, бицана гьениса рикъарал миллиардазул хӏакъалъулъ. Рехсана цоги хӏужа: нухазул идараялъ пуланаб кьо базе бихьизабун буго 1.5 млрд гъуруш, гьелдаса 1 млрд ун буго хӏалтӏуде, 500 млн бикъун буго. Гьелдаго цадахъ загьир гьабуна гьеб унти сахгьабизе кӏвеялда кинабгӏаги щаклъи гьечӏолъиги. Абичӏого гӏоларо гьадинаб жоги: Васильевасул каламалда къанагӏат гурони гьечӏо «дун», «дица» абурал рагӏаби, гьесие хасияталлъун руго «нилъ», «нилъеца», «нижеца» абурал рагӏаби. Гьев лъутулев гьечӏо жавабчилъиялдаса, кӏолеб буго лъаларелда лъаларин абизе, гъалатӏазе мукӏурлъизе, кумек гьабейин, бицейин, малъейин абун ракӏбацӏцӏадго абизе. Гьебги бугин ккола цо лъикӏаб хасият. Бихьулеб буго бицунеб хабарги гьарулел малъа-хъваялги гӏемер гьечӏеблъи, бицунебги гьабулебги гӏага-шагарго дандекколеб букӏин. Амма цӏакъ бокьилароанха мекъи ккезе, цӏибижараб божилъи ва гьединабго хьул, тӏурачӏел анищаздалъун, харбаздалъун лъугӏизе, байбихьараб хӏалтӏи нухбакьулъ хутӏизе.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "3295-studentazukh-goboll-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3295-studentazukh-goboll-ukh", "title": "Студентазухъ гьоболлъухъ", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Кир ругониги кӏочон тезе биччаге рахьдал мацӏ»\n50 соналъ Москваялда гӏумру гьабун вугев Мухӏамад Дибирасулаев ккола Хунзахъ районалъул Харахьиса\nЖиндирго гӏумруялъул бицунаго, Мухӏамадица ракӏалдещвезаруна, масала, гӏараб графикаялъул кьучӏалда гӏажам алфавит гӏуцӏарав Тӏайгиб Гӏумаров (гьесул квералъ хъварал грамматикаялъулги, астрономиялъулги, математикаялъулги хӏалтӏаби жеги цӏунун руго). Бицана Шамил имамасул бахӏарчиял муридзабазулги Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъарал ракьцоязулги хӏакъалъулъ. 1942 соналъул декабралда рагъда хвана гьесул эмен Гӏабдулмаликги.\nМухӏамадил гьудул ва классцояв, ДРялъул мустахӏикъав тохтур Ибрагьим Хӏакимовас бицана гьев вугин ракӏ цӏодорав, цебелъураб масъала тӏубазабичӏого чӏоларев инсанилан. Ватӏаналдаса рикӏкӏад вугониги, вижараб ракь хирияв Дибирасулаевасул ракӏ кидаго букӏунила гӏагараб халкъгун. Дун магӏарулай йигин абураб мехалдаги, Мухӏамадица гара-чӏвари байбихьана рахьдал мацӏалда. Москваялда ругел гӏемерисел магӏарулазул гӏадат бугелъулха гӏурус мацӏалда кӏалъалеб. Дун бахиллъун хутӏана Мухӏамадица бицунеб рахьдал мацӏалъул бечелъиялдаги берцинлъиялдаги, хасго 1969 соналдаса нахъе гьев Москваялда гӏумру гьабулев вугеблъи лъараб мехалда. Гьесул лъадиги ккола Харахьиса, руго ясги васги ва гьезул лъималги. Лъималазги тӏасабищана инсул нух – кӏиялго ккола техникиял гӏелмабазул кандидатал. Рокъоб кидаго бицуна магӏарул мацӏ.\nМухӏамадица бицана Дагъистаналде щведал ккараб гьадинаб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ. «Санайил уна дун росулъе. Магӏарухъе унаго, автобусалда цадахъ ккана классцояй. Гьелъулгун гара-чӏварулаго, нижеца ракӏалдещвезаруна лъимерлъиялъул сонал. Дирго лъималазда дун магӏарул мацӏалда кӏалъалев рагӏидал, гьелъул бадиб магӏу хулана. «Нужеца 50 соналъ гӏумру гьабулеб буго Москваялда. Нужеда сверухъ руго батӏи-батӏияб миллаталъул гӏадамал. Амма нужехъа бажарун буго рахьдал мацӏ цӏунун. Дун нечон йиго жакъа, Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулел дир лъималазда лъаларо магӏарул мацӏ», — ан абуна гьелъ.\nМахщел тӏасабищи\n«Школалда цӏалулеб заманалдаго бокьулаан физика. Никита Хрущевасул заманалда, цӏалиялда цадахъго, студентал хӏалтӏизе кколаан заводалда яги цогидаб, тӏасабищараб махщалида рекъонкколеб, бакӏалда. Букӏинесеб хӏалтӏулгун цебеккунго лъай-хъвай гьаби букӏана гьеб къагӏидаялъул аслияб мурад.\nИчӏабилеб классалдаса нахъе дир анищ букӏана МГУялъул физикияб факультеталда цӏализе ине. Меседил медалалда лъугӏизабуна школа ва, цӏализе ине хӏадурлъулаго, дир гӏагарав чияс, районалъул газеталъул бетӏерав редакторлъун вукӏарав Мухӏамад Жамалудиновас абулеб букӏана Дагъистаналдаго цӏалеян. Чияр бакӏалда захӏмалъизе бугин, цӏалиялда цадахъго хӏалтӏизеги ккезе вугин абулеб букӏана гьес. Гьесул пикруялда тӏадрекъана дунги. 1960 соналда цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул химиялъулгун технологиялъул факультеталде. 1966 соналда, гьеб лъугӏидал, витӏана Ярослав областалъул Поречскалъул консервабазул заводалде хӏалтӏизе. Амма лъай камил гьабизе бугеб гъираялъ рахӏат толеб букӏинчӏо ракӏалъе. Бокьун букӏана аспирантураялда цӏализе ине. Гьеб бигьаяб ишги букӏинчӏо. Гьелъие хӏажалъулаан Лъайкьеялъул министерствоялъул рахъалдаса кагътал. Дие икъбал ккана. Дун цӏализе лъугьана Холодильнияб промышленносталъул гӏелмиял цӏех-рехазул тӏолгосоюзалъул институталъул (ВНИХИ) аспирантураялде. Гьебги гьадин ккана. Институталде щвараб мехалда, гьенив ватана директорасул заместитель Дмитрий Рютов. Мурад бициндал, гьес столалда тӏад бугеб календаралда хъвана дир цӏар ва абуна, экзаменазде хӏадурлъеян. Экзаменал кьезе вачӏаян ахӏилин абун ракӏалде ккунго букӏинчӏо. Дица я гӏарза кьечӏелъул, я анкета цӏезабичӏелъул. Дун цӏакъ вохана, 1968 соналъул ноябралъул байбихьуда, экзаменазде вачӏаян абураб кагъат дихъе бачӏиндал. Гьединал рукӏана доб заманалда гӏелмиял хӏалтӏухъабиги преподавателалги. Палхӏасил, 1973 соналда лъугӏизабуна аспирантураги, цӏунана техникиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертацияги. Гьелъие квербакъараллъун дица рикӏкӏуна нижерго росдал школалъул директор Гӏусман Гъазимухӏамадовги, цӏалдохъабазе лъайкьеялде кӏварбуссинабулел рукӏарал дир учительзабиги, дир гӏелмияв нухмалъулев, техникиял гӏелмабазул кандидат Алексей Иванович Пискаревги.\nАспирантура лъугӏидал, хӏалтӏизе тана институталдаго. Гьенибго хӏадурана гӏелмабазул докторлъиялъе диссертацияги. Дир гӏелмияб мухъалъул хӏалтӏабиги цӏех-рехалги Дагъистаналъе кӏвар бугел гьечӏо, гьединлъидал хутӏана дунги Россиялда. 1991 соналда цӏунана докторлъиялъе диссертацияги», — ян бицана Мухӏамадица.\nГӏалимчияс дида бихьизабуна институт. Гьенир къадазда рарал стендазда ругоан холодильниказул гьанжезаманалъул алатазул суратал. Институталда щибаб къойил хӏадурула ва тӏоритӏула батӏи-батӏиял хӏалбихьиялги цӏех-рехалги, кагътиде росула гьезул ккарал хӏасилалги. Гьезул кумекалдалъун лъазарула холодильниказда кванил нигӏматал халатаб заманалда цӏунизе рес кьолел къагӏидаби. Гьедин чӏезабуна, масала, гьан цӏуниялъул битӏараб къагӏида. Гьеб къагӏидаялъ рес кьола 2,8 млрд гъуршил багьаяб 13,5 азарго тонна гьанал улкаялъе тӏокӏлъизабизе. Институталъул лабораториялъул хӏалтӏухъабазул хӏаракаталдалъун ургъана, ток ва цогидал сурсатал дагьаб къадаралдаги хӏалтӏизарун, кванил нигӏматазул консерваби гьариялъул цӏиял технологиял. Лаборатория хӏалтӏула Россиялда бищунго гучаблъун рикӏкӏунеб «Мясокомбинат «Клинский»» АОялъулгун ва гьанал нигӏматал гьарулеб Черкизовский заводалъулгун къотӏабиги гьарун.\nДибирасулаевасул буго кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Гьесие кьуна СССРалъул гӏелмуялъул ва технологиязул пачалихъияб комитеталъулги Промышленносталъулгун гӏелмуялъул министерствоялъулги, Россиялъул росдал магӏишаталъулги, Россиялъул росдал магӏишаталъул гӏелмияб академиялъулги грамотабиги, «Москваялъул 850 сон тӏубаялъул хӏурматалда» медальги.\nГара-чӏвариялъул ахиралда Мухӏамадица дагъистаниязе гьарана гӏагараб ракьалъе ритӏухъаллъун хутӏагиян, жидеца гӏумру гьабулеб шагьаралъулги гьенир ругел гӏадамазулги адаб гьабеян, кӏудиязул хӏурмат цӏунеян ва умумузул гӏадаталги, эбел-инсул мацӏги кӏочон тогеян. «Херлъиялъул адабги гьабулареб, рахьдал мацӏги лъалареб, гӏадаталги цӏунулареб халкъалъул букӏинесеб гьечӏо. Кинаб хъулухъалда нуж ратаниги, цӏуне ритӏухълъи. Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏудалъун нужедехун ишцоязул божилъи бижизабе», — ян малъана гьес.\nПатӏимат Расулова,\nМосква шагьар"}
{"slug": "3296-bergenl-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3296-bergenl-abi", "title": "Бергьенлъаби", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Къецазул хӏасилал гьаруна\nРФялъул Жамгӏияб палатаялда шапакъатал кьуна Дагъистаналъул цӏалдохъабазе\nЦӏалдохъабазда гьоркьоб тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул къецалда гӏахьаллъана 353 цӏалдохъан. Гьезда гьоркьоса 100 авторасул хӏалтӏи рикӏкӏана бищун лъикӏаблъун. Гьезда гьоркьор руго Буйнакск районалъул Тӏаса Гъазданущи росдал школалъул анкьабилеб классалдаса Аида Акаеваги Гъизилюрт районалъул Цӏобокь-Миякьоб росдал школалъул ункъабилеб классалъул цӏалдохъан Хадижат Юсуповаги.\nСочинениялъул авторазе шапакъатал кьуна РФялъул лъайкьеялъул министралъул заместитель Татьяна Синюгиналъ. «Нуж руго улкаялъул «меседил нусилаб». Нуж руго бищунго цӏакъал, баркала нужее! Ниж чӏухӏула нужедаса. Нужер гъира буго рахьдал мацӏ лъазабизеги, гьеб мацӏалда нужерго пикраби загьир гьаризеги, гьеб мацӏалда хъвадаризеги. Баркула нужедаги нужер учительзабаздаги бергьенлъи», — ян бицана гьелъ, шапакъатал кьолаго.\nСинюгиналъ абуна къецалда бергьарал цӏалдохъабазул сочинениязул мажмугӏ басмаялде бахъизе бугиланги.\n«Дир хвелгьечӏев багьадур» абураб Хадижат Юсуповалъул сочинениялда цӏалдохъаналъ хъвалеб буго инсухъе кагъат. Гьев вукӏана низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъанлъун ва хвана, хъулухъ тӏубалаго.\nАида Акаевалъул сочинениялда хъван буго Дагъистаналъул тункӏазул устар Базалайил хӏакъалъулъ."}
{"slug": "3297-k-etsal-ul-khiasil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3297-k-etsal-ul-khiasil", "title": "Къецалъул хӏасил", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тӏубаялъул хӏурматалда газеталъул редакциялъ тӏобитӏараб конкурсалъул хӏасилал гьаруна\nГьеб къецалда гӏахьаллъаразул къадар нусго чиясдасаги тӏаде ун букӏана. Конкурсалда бергьаралин абуни ахӏун рукӏана Махӏачхъалаялде ва гьезие шапакъаталги кьуна. Гьенибго тӏобитӏулеб букӏана киноялъул ва телевидениялъул «Кунаки» абураб фестивальги. Гьезда бергьенлъиги баркун, гьадин абуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловас:\n— Хӏурматиял магӏарул миллаталъул васалги ясалги, гӏисиналги чӏахӏиялги. Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда бергьенлъи. Нужеца бихьизабуна нужерго пасихӏлъиги гӏагараб каламалде бугеб рокьиги. Биччанте жакъасеб бергьенлъи нужее букӏине кӏудиял бергьенлъабазде тӏамурал тӏоцересел галабилъун», — ан.\nКонкурсалъул гӏахьалчагӏаз цоги нухалда рикӏкӏана кӏудияв шагӏирасул кучӏдулги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3298-kinofestival", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3298-kinofestival", "title": "Кинофестиваль", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Миллат букӏуна, мацӏ бугони\nРеспубликаялда унеб бугеб Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль\nГьелда хурхун Дагъистаналъул Журналистазул рокъоб тӏобитӏана «Миллиял мацӏал цӏуниялъулъ республикаялъул милатазул газетазул кӏвар» абураб цӏаралда гъоркь «гургинаб стол».\nДанделъи бачунев Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул председатель, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель З. Илясовас, гьеб рагьулаго, кӏварбуссинабуна миллиял мацӏал лъазариялда сверухъ нилъер республикаялда, Россиялдаго гӏадин, ругел захӏмалъабазде. «Гьелда бан рахьдал мацӏал цӏунизе ккани, тӏоцебесеб иргаялда, гьеб мацӏалда хъизамалда кӏалъазе ккола лъималазда, хадуб ясли-ахаздаги гьединал миллиял къокъаби гьаруни, нилъеда кӏвезе буго мацӏал цӏунизе», — ян. Гьес баркала загьир гьабуна Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль Дагъистаналда тӏобитӏизе квербакъи гьабурал гьеб фестивалалъул президент С. Кусовалъе ва гьелъул директор И. Багъатировасе.\nДагъистаналъул мацӏал лъазаризе, гьезие гӏелмияб къимат кьезе гӏемераб хӏалтӏи жиндир заманалда гьабуна 2012 соналда нилъедаса ватӏалъарав, Дагъистаналъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчи Александр Кибрикица. Гьесул бетӏерлъиялда Дагъистаналде мацӏазул цӏех-рех гьабизе рачӏарал экспедициязул хӏасилалда къватӏибе бачӏана чанго тӏехь.\nА. Кибрикица Арчиб росдал мацӏалъул хӏакъалъулъ хъвана гӏелмияб хӏалтӏи ва гьеб темаялда гӏелмабазул докторасул диссертацияги цӏунана. «Гургинаб столалда» гӏахьаллъи гьабурай гьесул яс Нинаца бицана Дагъистаналъул гӏадамаздехун, гьезул адабияталдехун, мацӏаздехун инсул букӏараб рокьиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъ сайгъат гьаруна гьесул тӏахьалги.\nДанделъиялда гӏахьаллъи гьабурай фестивалалъул президент С. Кусовалъ тӏадчӏей гьабуна миллиял мацӏал цӏуниялъул мурадалда власталда ругез гьабулеб гьечӏеб тӏалабалда. Гьелъ абуна авторазул гӏахьаллъиялдалъун кинофестивалалда рихьизарулел ругел киноязда миллатазул хаслъи, гьезул адабият ва маданият цебетӏезабизе мацӏазул бугеб кӏваралъул бицунеб бугилан.\n«Гургинаб столалъул» данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна Цӏумада районалъул Тӏиндиса кьурдухъабазул ва кочӏохъабазул ансамблялъул хӏаракатчагӏаз. Мугӏрузул районазда жидерго хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏал ругонигиян абулеб букӏана гьез, жидеца лъазабулила магӏарул мацӏ. Гьелъ жидее рес кьолила росу, район бахун къватӏирехун ккедал, цоцада ричӏчӏизе.\nЖинда жаниб 1000 рагӏи бугеб «Хварши-гӏурус» мацӏалъул словарь хӏадурун бугилан бицана Цӏумада районалъул Инхокъвари росдал школалъул учитель Мухӏамадова Загьраца.\nЖамгӏияб палатаялъул член Д. Халидовас рази гьечӏолъи загьир гьабуна жакъа школазда ругел цӏалул программабазда, щайгурелъул гьениб миллиял мацӏазе бакӏ хутӏулеб гьечӏелъул.\nМацӏазул рахъалъ Абхазиялда бугеб хӏал баян гьабун кӏалъана гьеб республикаялъул парламенталъул председателасул вукӏарав заместитель, Абхазиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул вукӏарав председатель, поэт Геннадий Аламиаца. Гьес бицана Абхазия республикаялъул власталъул гӏуцӏабаз рахьдал мацӏ цӏунизе гьабулеб бугеб хӏалтӏиялъул хӏакъалъулъ.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏаз баркала загьир гьабуна гьалбадерие ва тӏиндисезул художествияб хӏаракатчилъиялъул коллективалъеги. Хӏукму гьабуна гьезулгун «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда дандчӏвай гьабизеги.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "3299-begierab-ragiul-ustarzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3299-begierab-ragiul-ustarzabi", "title": "Бегӏераб рагӏул устарзаби", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Чӏварал журналистазул хӏурматалда чӏана гъутӏби\n2007 соналда Журналистал цӏуниялъул комитеталъ лъазабуна, журналистазул гӏумруялъе хӏинкъи бугел улкабазул сияхӏалда Россиялъ лъабабилеб бакӏ кколин абун. 1991 соналдаса нахъе гьеб рахъалъ тӏоцебесеб бакӏалда буго Алжир, кӏиабилеб бакӏалда – Гӏиракъ.\nРоссиялъул субъектазда гьоркьоб босани, тӏоцебесеб бакӏалда буго Дагъистан: ахираб 25 соналда жаниб республикаялда чӏвана 19 журналист. Ритӏухъаб рагӏухъ рецӏел босулеб кинигин, чӏвалел руго республикаялда унго-унгояб демократиялъе гӏоло къеркьолел журналистал. Гьезухъаги бажарулаан бизнес яги цогидаб ишги гьабун чӏезе. Амма гьез тӏасабищана захӏматаб, гӏумруялъе кидагосеб хӏинкъи бугеб иш.\nХъвала журналистас гӏадатияв, гӏагараб ракьалда хӏалтӏулев хурухъанасулги тӏадегӏанаб хъулухъалда вугев хӏакимчиясулги хӏакъалъулъ. Гьесул макъалабаздасан бихьула дунял, гьесул пикруялъул кьучӏалда цӏубала халкъалъул гӏакълу-лъай. Жакъасеб гӏумруялъул балъголъаби рагьулел, тӏекъалда тӏекъабилан абулел, гӏунгутӏаби тӏатинарулел ва гьелде данде къеркьезе гӏалам ахӏулел журналистаздехун букӏуна батӏи-батӏияб бербалагьи. Цояз гьел кӏодо гьарула, цогидаз гьезие «сайгъат гьабула» гулла. Гьедин Дагъистаналда чӏвана тӏасабищараб ишалъе ритӏухълъи цӏунарав 19 журналист…\nГьелъул хӏакъалъулъ нижеца чанцӏулго бицана «Хӏакъикъаталъул» гьурмазда: журналистал чӏварал хъачагъал ралагьунгутӏиялъулги, такъсиралъул хӏужаби балъго гьариялъулги, цӏех-рех гьабулел идарабазул жидерго хӏалтӏуде бугеб тӏаса-масагояб бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ.\nГьезул хӏурматалда микьабилеб ноябралда Махӏачхъалаялда, Журналистазул минаялда аскӏоб чӏана Ракӏалдещвеялъул ах. Гъутӏби чӏеялъул тадбиралде рачӏун рукӏана Россиялъул Журналистазул союзалъулги централиял газетазулги вакилзаби, «Кунаки» абураб кинофестивалалде рачӏарал гӏемерал гьалбал, республикаялъул СМИязул журналистал. Гьениб тӏобитӏана Ракӏалдещвеялъул митинг.\n«Гӏицӏго журналистал чӏварал ва гьел чӏвайилан буюрухъ кьурал гӏадамазул бицун течӏого, ДРялъул Журналистазул союзалъ тӏалаб гьабуна гьел ракӏалдещвезариялъе памятник базеги, гьезул хӏурматалда щивасул цӏар тӏадхъварал гъутӏбузул ах чӏезеги. 2012 соналда, республикаялъул президентасул указалдалъун, хӏукму гьабуна гьеб масъала тӏубазе – Журналистазул минаялда цебе памятникги базе, Ракӏалдещвеялъул ахги чӏезе. Гьелдаса нахъе хисана республикаялъул лъабго нухмалъулев, гьезул щивас рагӏиги кьуна памятник базе, амма жеги кӏун гьечӏо иш рагӏалде бахъинабизе.\nПамятник баялъул мурадалда лъазабун букӏана къец. Журналистазулги, скульпторазулги, архитекторазулги данделъиялда халгьабуна букӏинесеб памятникалъул анкьго батӏияб макеталъул. Тӏасабищун буго цояб. Амма жеги гӏарац щолеб гьечӏо гьеб базе. Гьеб масъала, кин бугониги, рагӏалде бахъиналде хьул къотӏун гьечӏо ва божилъи буго, халкъалъги гьелъие кумек гьабиялде», — ян бицана данделъи рагьарав ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас.\nМитингалда ракӏунтарал кӏалъаял гьаруна журналист ва публицист, «Кунаки» абураб кинофестивалалъул президент Сулиета Кусовалъги, Абхазиялъул вакил, шагӏир Геннадий Аламияцаги, Европаялъул Журналистазул цолъиялъул вице-президент Надежда Ажгихиналъги, «Российская газеталъул» Югалъулаб округалда йигей мухбир Татьяна Павловскаялъги, Дагъистаналъул лъайкьей цебетӏезабиялъул институталъул проректор, шагӏир ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу Миясат Муслимовалъги, «Новое дело» газеталъул бетӏерав редактор Хӏажимурад Сагитовасги ва цогидазги. Гьез бицана журналистасул хӏалтӏулги гьесда дандчӏвалеб квекӏен-квалквалалъулги, гьединго республикаялдагун улкаялда ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ ритӏухъаб рагӏи абизе хӏажат букӏиналъулги хӏакъалъулъ.\nДанделъиялдаса хадуб чӏана чӏварал журналистазул хӏурматалда чӏчӏвадил гъутӏби. Биччанте хадубккун гьеб ахикь дандчӏвазе журналистикаялде рокьи бугел гӏолилалги, ритӏухъаб рагӏи цӏунулаго, гӏумру кьурал мухбирзабазул гӏагарал чагӏиги, рагӏул гьунаралъ асир гьарурал дагъистаниялгун гьалбалги. Хьул буго, кватӏичӏого, ай ахикь чӏарал гъутӏби цӏакъго чӏахӏалъилалдего, журналистал чӏварал такъсирчагӏазе мустахӏикъаб тамихӏ гьабунилан бицунеб данделъи гьенибго тӏобитӏизе рес щвеялдаги."}
{"slug": "3301-studentazukh-goboll-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3301-studentazukh-goboll-ukh", "title": "Студентазухъ гьоболлъухъ", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кьер-кьерал тӏугьдузул квацӏи гӏадаб «Дир Дагъистан»\nФестивалалде рачӏарал гьалбал дандчӏвана ДГУялъул филологияб факультеталъул студенталгун\nСтудентазухъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏана фестивалалъул жюриялъул гӏахьалчагӏи: культуролог ва журналист, «Кунаки» абураб рагьараб фестивалалъул президент Сулиета Кусова-Чухо, тележурналист ва кинодокументалист, «Элия-фильм» абураб студиялъул генералияв директор, «Кунаки» абураб рагьараб фестивалалъул директор Иляс Богатырев, жюриялъул председатель, РФялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, киновед, Россиялъул Кинематографистазул союзалъул член Григорий Гиберт, кинорежиссер, «Алания» абураб ГТРКялъул коновидеопроизводствоялъулаб къокъаялъул нухмалъулев, Северияб Осетиялъул халкъияв артист, ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Рафаэл Гаспарянц, сценарист ва кинодокументалист Екатерина Головня, кинорежиссер, сценарист ва кинооператор, СССРалъул Пачалихъияб премиялъул лауреат, Туркмениялъул халкъияв артист Хӏожакули Нарлиев, РФялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камалов.\nГьалбадерица студентазе бицана жидерго махщел тӏасабищиялъулги гьеб камиллъизабиялъул мурадалда бахъараб хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ. Гӏолилазде хитӏаб гьабулаго, гьез аслияб кӏвар буссинабуна ватӏан бокьизе ккеялдеги, тӏасабищараб махщалие ритӏухълъи цӏуниялдеги, анищаб мурад тӏубазелъун хӏаракат гьабизе ккеялдеги.\nМасала, Сулиета Кусова-Чухоца ракӏалдещвезабуна Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб тӏехь. «Университеталда цӏалиги лъугӏун, аспирантураялде бакӏ хӏадурго букӏарай дун Дагъистаналде ана хӏалтӏизе. Гьелъие гӏиллалъун ккана Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан». Гьеб цӏалараб мехалда дие бокьана тӏехьалда хъвараб хӏакъикъаталда бугищали лъазе. Картаялъухъги балагьун, дица тӏасабищана бищунго «гӏурччинабилан» ракӏалде ккараб Табасаран район. Дун гьение ана учительлъун хӏалтӏизе. Гьелдаса нахъе дица киданиги бухьен тӏезе течӏо Дагъистаналъулгун. Ватӏан бокьизе ккола, республикаялъул лъикӏал гӏадатазулги, маданияталъулгун тарихалъулги хӏакъалъулъ бицине ккола – гьеб нужеда тӏадаб иш буго», — ян бицана гьелъ.\nЦо нухалда Дагъистан бихьарав чиясда гьеб киданиги кӏочонарилан пикру загьир гьабуна Рафаэл Гаспарянцица. Гьес цо чанго фильм бахъана Дагъистаналда. Щвана Кубачивеги цогидал бакӏаздеги. Масала, гьес рахъана «Кубачиязул курхьеналъул бицанкӏо», «Квералъ хъвараб Къуръаналъул балъголъи» ва цогидал фильмал. «Дагъистаналда фильмал рахъулеб заманалда, дир ккана щулияб гьудуллъи лъикӏал гӏадамазулгун – Расул Хӏамзатовасулгун, Ахӏмадхан Абубакарилгун, Мухӏамад Сулеймановасулгун (кинематографист) ва цогидазулгун. Гьеб гьудуллъи биххичӏо тӏолабго гӏумруялъ», — ан бицана Рафаэлица.\n«Рукӏинесел адабияталъулги мацӏалъулги учительзабазулги журналистазулги букӏине ккола тӏахьазде рокьиги, творческияб хӏалтӏуде гъираги. Тӏахьазул кумекалдалъун нилъ щола гӏемерал бакӏазде, батӏи-батӏиял улкабазде, лъай-хъвай гьабула гӏемерал хасиятазулгун. Гьеб кинабго хӏажалъула творческияб пишаялъул вакиласе. Дун гьавуна лагералда – пионеразул гуро, политикиял туснахъазе бараб лагералда. Гьениб букӏана кӏудияб ва бечедаб библиотека. Дир кӏудияй эбелалъул квербакъиялдалъун бижана дилъ тӏахьазде рокьи. Библиотекаялда ругел гӏемерисел тӏахьал цӏалана дица, школа лъугӏилалдего. Гьелъ кумекги гьабуна ВГИКалде цӏализе лъугьунеб мехалда. Телефоназде къулун, гьасухъе-досухъе хъвадарун рукӏинчӏого, тӏехьалъулгун гьудуллъи гьабе», — ян абуна Григорий Гибертицаги.\n«Нужехъе ячӏине рес щвеялдаса цӏакъ йохун йиго дун. Григорий Гибертги, жюриялъул цогидал гӏахьалчагӏиги – ниж тӏубараб къоялъ ралагьун рукӏана фестивалалде рачӏарал фильмазухъ. Гьез ниж рачана Белоруссиялдеги, Хабаровскалдеги, Ингушетиялдеги, цогидал ракьаздеги. Нужер буго берцинаб тӏабигӏатги гьайбатал гӏадамалги. Рахъе гьезул хӏакъалъулъ гьитӏиналго фильмал, видеороликал ва ритӏе фестивалалъул сайталде. Гьеб букӏина, Расулилго гӏадаб, амма нужер бераздалъун бахъараб «Дир Дагъистан». Ракӏчӏун абила: гӏемерал сюжетаздаса гӏуцӏараб гьеб релълъине буго батӏи-батӏиял тӏугьдуздаса сокӏкӏараб берцинаб квацӏиялда», — ян бицана Екатерина Головняца.\nКиназего гӏажаибаб асар гьабуна фестивалалъул гьобол Хӏожакули Нарлиевасул накъиталъ. Гьев ккола Туркмениялъул халкъалъул хасият гъорлъе бессараб «Нус» абураб фильмалъул автор. Гьеб киноялъухъ гьесие щвана СССРалъул пачалихъияб премияги, вахъана батӏи-батӏиял кинофестивалазул лауреатлъунги. «Дие бокьун букӏана дир халкъалъул аслияб хасият рагьизе. Фильмалда бицунеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалъул хӏакъалъулъ. Рагъде арав росги хун хутӏарай гӏолохъанчӏужуги гьелъул вакьадги – гьел руго фильмалъул багьадурал. Гьел цоцазда кӏалъалелцин гьечӏо – кинабго бичӏчӏула цоцазухъ ралагьарабго. Амма нусалъул сипаталдалъунги вакьадасулги гьелъулги гьоркьоблъиялдалъунги гьениб бихьизабун буго халкъалъул хасият. Гьединаб хаслъи буго щибаб халкъалъул. Дие бокьилаан, цогидал халкъазе нужерго халкъазул къанагӏатаб хаслъи рагьун бажарулеллъун нужги рахъине», — ян бицана Нарлиевас.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "3302-giolokh-anal-tsivabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3302-giolokh-anal-tsivabi", "title": "Гӏолохъанал цӏваби", "date": "2018-11-12 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Улбузе рокьулел тӏугьдузул махӏал…\nКочӏохъанас бицунеб буго жиндирго клипалъул хӏакъалъулъ\nДагьаб цебе дица цӏалана «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул мухбир Регина Къурбановалъ магӏарул кочӏохъан Руслан Хӏасановасулгун гьабураб гара-чӏвари. Гьелъ кӏудияб, пашманлъиги рохелги жубараб асар гьабуна дие. Рохел — эбелалъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏун. Пашманлъи — эбелалъул ахираб кочӏол сарин цӏидасанги рагӏун.\nНоябралда кӏодо гьабула Халкъазда гьоркьосел байрамазул бищунго хӏеренабги берцинабги байрам — Эбелалъул къо. Улбузул къоял нилъер гӏумруялъул щибаб лахӏзаталъулъ рукӏуна, амма эбелалъул къоялъ гьезул сипат цебесаго унаро.\nРуслан Хӏасановасул буго эбелалъе сайгъат гьабураб цӏияб кечӏ. Кечӏ ахӏулеб буго гӏурус мацӏалда. Клип байбихьулеб буго Хӏамзатил Расулил рагӏабаздалъун.\nГӏадатиял гурел къисматал\nГьеб клип бахъизе дие некӏого бокьун букӏана. Дир лъикӏав гьудул ва видеограф Марат Гъапуровас абуна гьеб кочӏол рагӏаби жиндие рекӏее гӏунилан ва гьелъул социалияб клип бахъизе бегьулилан. Цо мехелалда жаниб бахъун бажарана клип.\nЭбелалъул хӏакъалъулъ букӏиндал батила! Нилъер щивасул гӏумруялъулъ аслияй гӏаданлъун ккола гьей. Гьелъ цӏунула нилъ квешлъиялдаса, гьелда кӏола нилъер мунагьаздаса тӏасалъугьинеги, нилъ рокъоре щвезегӏан, рагьдухъ лъурал гьелъул бералги свакаларо. Эбелалде хъвана ва ахӏана гӏемерал кучӏдул. Клипалда гьечӏо актеразул хасаб хӏай. Гьениб буго гӏумру — лъимал рехун тарал улбулги улбуз рехун тарал лъималги. Жакъасеб гӏумруялъул къваридаб сарин. Клип бахъизе ниж щвана «Тӏалаб» лъималазул ва «Ветеран» харабазул интернатаздеги. Камераялда цере ругьунлъичӏел лъималгун хӏалтӏизе бигьаго букӏинчӏо. Цоцазда ричӏчӏизе гӏоло, гьезулгун лъай-хъвай гьабуна, цадахъ суратал рахъана. Гьел рази ругоан жидее гьабулеб хъулухъалдасаги. Амма къисматалъул хӏакъалъулъ бицине бокьулеб букӏинчӏо. Дун цевеги чанги щолаан гьезухъе. Цо-цоязда лъана дун, микрофон киб бугебилан цӏехолдилел рукӏана.\nХеразул рокъобги цин гьезулгун лъай-хъвай гьабуна. Дица кечӏги ахӏана гьезие. Клипалъул аслияй багьадурлъун йикӏине йигей Нинель Александровнаялъ нижее бицана жиндирго къисматалъул хӏакъалъулъ. Дун кутакалда вохана гӏадамаз дир клип къабул гьабиялдаса. Гьеб буго кӏудияб рокьигун гьабураб хӏалтӏи. Чӏахӏиязулги, гӏисиназулги, гӏолилазулги, херазулги гӏадатал гурел къисматаз асар гьабуна гӏадамазе.\nРасул Хӏамзатов\nДие цӏакъ бокьула Расул Хӏамзатовасул гьунар. Школалда цӏалулеб заманалдаго, кӏудияб гъира-шавкъалда, чанго нухалда тӏад-тӏадвуссун, цӏалун букӏана гьесул «Дир Дагъистан» абураб тӏехьги. Дирго «Инстаграмалдаги» зама-заманалдасан цӏалула гьесул кучӏдул. Дир пикруялда, социалиял гьиназда аслияб къагӏидаялда рукӏине ккола гьединал машгьурал гӏадамазул гьунаралъулги гӏумруялъулги хӏакъалъулъ бицунел флешмобал. Масала, шагӏирасул кучӏдузул. Дицаги хӏаракат бахъула гьесул махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ дирго кучӏдузда бицине. Гьесул рагӏабазе гӏемерал бакънал хъвана Тӏагьир Къурачевасги. «Йо-йо» ва «Эбел» абурал кучӏдул ахӏизеги ихтияр дица гьесухъа босана.\nДир хадусел планазул хӏакъа-лъулъ бицани, къватӏире риччазе хӏадурулел руго лъабабилеб альбомги чанго дуэтги.\nГӏумруялъул дарсал\nЗама-заманалдасан гӏумруялъги кьола нилъее дарсал. Жакъа якъинго бичӏчӏана саназда цадахъ бачӏунин гӏакъиллъийилан абураб умумузул абиялъул магӏнаги. Дагьабги лъикӏ бичӏчӏана улбул рокьизе нилъ кватӏизе бегьуларин абураб жоги. Гьезул адаб гьабизе ккола. Гьезда гьелъул тӏагӏам лъалеб мехалда, ай гьел чӏаго рукӏаго.\nАхирисеб нухалда кида абураб нужеца эбелалда йокьулилан? Кьунищ гьелъие тӏугьдул? Рестораналде кида ячарай гьей? Ракӏчӏола — некӏого. Нужеда лъазегӏаги лъалищ кинал тӏугьдул гьелъие рокьулелали?\nРакӏалдещвана цоги\nсоциалияб ролик\nЦо инсул вукӏуна щуго вас. Гьезул заман букӏунаро инсухъе щвезе. Цо къоялъ гьезул щивасухъе щола эмен хванин абураб кагъат. Хӏалтӏиги тун, гьел киналго уна росулъе, эмен вукъизе. Магӏуги пашманлъиги… Рес букӏанагури гьезул, хӏалтӏиги тун, инсухъе щвезе ине. Васал тӏаде щвелалде, эмен ватула гьезда, гьел рачӏиналде, дандчӏваялде хӏадурлъун. Сайгъаталги ратана гьес хӏадурун. Тӏолабго черхго цӏунцӏрахана дир, гьеб клипалъухъ валагьидал.\nГьале цоги мисал. Эбел ячӏуна васасухъе гьоболлъухъе. Гьев рокъове вачӏиналде, гьесие бокьулеб квен хӏадуризе лъугьана гьей. Цӏулал хъорщол бакӏалда, гьеб щиб жоялиги лъачӏого, гьелъ хӏалтӏизабулеб батун буго хирияб планшет. Рокъове щведал, васас сверухъ батанщинаб жо кӏалагъоркье чӏвазабуна, эбелалде ахӏдана, хьагиниб букӏараб квен гӏодобе чӏвана. Эбелалъул цӏакъ ракӏ къварилъана, ва гьей рокъое тӏадюссун ана. Амма гьей рокъое щвечӏо. Нухда авариялде ккана…\nЦебе телевизоралдасан рихьизарулаан улбузухъе кӏалъазе кватӏугейилан малъулел рекламаби…\nДида ккола нилъер гӏумруялъулъ гӏолеб гьечӏин ва къанагӏалъулеб бугин гурхӏел-рахӏмуйилан. Нилъеца ракьалда бекьизе ккола лъикӏлъи…"}
{"slug": "3304-l-ikial-khiasilalgi-mustakhiik-al-shapak-atalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3304-l-ikial-khiasilalgi-mustakhiik-al-shapak-atalgi", "title": "Лъикӏал хӏасилалги мустахӏикъал шапакъаталги", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "«Сугъралъ» СПКялда кӏодо гьаруна гӏияхъаби-церехъаби\nКочӏохъаби, кьурдухъаби, спортсменал ва цогидалги къадруялда рукӏиналда цадахъ гӏадатияв хӏалтӏухъанасул, мисалалъе, гӏияхъан-хурухъанасул къадру гьаб заманалда ккун бугеб бакӏги нилъеда цебе буго. Гьезул хӏакъалъулъ гӏемер бицунебги гьечӏо, гьездехун бугеб бербалагьиялъул, гьезие ругел шартӏазул, мухьалъул хӏалги беццизегӏанасеб хӏалалда гьечӏо. Амма анкьабилеб ноябралда Гъуниб районалда бищун кӏудияб ва Дагъистаналда церетӏурал магӏишатазул цояб «Сугъралъ» СПКялда (Цӏияб Сугъралъ) тӏобитӏараб тадбир букӏана дагьаб батӏияб. Гьениб борхараб аслияб суалги букӏана гӏияхъанлъиялъул лъагӏалил хӏалтӏул ва магӏарухъа гӏи лъарагӏлъиялде гочинабиялъул хӏасил гьаби ва, гьелда рекъон, церехъаби кӏодо гьари. Тадбиралда гӏахьаллъана Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул, Гъуниб районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул жавабиял хӏалтӏухъаби, СПКялъул нухмалъи ва хӏалтӏухъаби, гьалбал. Хӏалтӏул хӏасилал, хӏакъикъаталдаги, заманалда рекъон ва цоги магӏишатазда дандеккун, гӏезегӏан лъикӏал руго. Гьединлъидал шапакъатазе мустахӏикълъана гӏиял чанго бригада (щибалъе кьуна грамота ва 90 азарго гъуруш), кӏочон течӏо хӏалтӏул ветераналги (гьезда гьоркьор рукӏана 70 ва жеги цӏикӏкӏун соналъ магӏишаталда хӏалтӏаралги). Гьелда цадахъго рехсечӏого гӏоларо цогидаб ишги. Сугъралъа цо хъизамалда Россиялъул кӏиго Бахӏарчи (Мухӏамад ва Тӏайиб Тӏолбоевал; кӏиясулго буго «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» цӏарги) вахъи лъалеб хӏужа буго. Гьеб данделъиялда гӏахьаллъарал «Гӏагараб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакилзабаз СПКялъул кӏиго хӏалтӏухъанасе (гӏиял бригадир Асхӏаб Рамазановасеги хурухъанлъиялъул бригадир Мухӏамад Мухӏамадовасеги) кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» абураб цӏар. Тадбир берцин гьабуна ракӏбащадаб хабар-кӏалалъ, Мухӏамадтӏамир Синдикъовасул кучӏдуз ва СПКялъул нигӏматаздалъун хьезабураб гӏодобчӏеялъ. Гьеб ана гӏадатияб къагӏидаялда, гӏахьаллъарал разияб хӏалалда, гьадинал данделъаби санайил тӏоритӏизе ккеялда ракӏчӏейгун. Гӏияхъанлъиялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва жакъасеб тадбиралъул хӏакъалъулъ къокъабго баян кьуна СПКялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Чураевас:\n— Гӏаммаб куцалда босани, исана иш квеш гьечӏо. Тайпадулаб ва селекциялъулаб хӏалтӏи цебебачиналъе пачалихъалъги кумек гьабулеб буго. Исана гӏи гочиналъул ишги ана гӏезегӏан лъикӏ, къваригӏел гьечӏел лъугьа-бахъинал ккечӏого. Магӏарухъе ва магӏарухъа гочиналде цебеккунго тӏубана хӏаримазул суал, гӏияда цадахъ рукӏана хӏажатаб техника, киналъего хӏадур букӏана ветеринарияб хъулухъ. Исана ихдал магӏарухъе ана 20 азаргогӏанасеб гӏи-цӏцӏани (тӏинчӏги рикӏкӏун). Магӏарухъа гьеб нахъбуссарабго нижеца тӏурана ветеринариял тӏалабал ва гьеб бикьана жиде-жидер бригадабазде. Жакъасеб гьаб тадбирги нижеца тӏобитӏана хӏасилал загьир гьари, вехьасул хӏалтӏи бихьизаби ва чӏезарурал нормабиги тӏуран жеги лъикӏ хӏалтӏи гьабизе, лъикӏал хӏасилал рихьизаризе кӏваразе премиял-сайгъатал кьей мурадалда.\nХадув дун дандчӏвана Бахӏарзалгунги. Асхӏаб Мухӏамадов, 14 сон тӏубаралдаса нахъе, 40 соналъ вуго гӏияхъанлъиялда (17 сон вехьлъун, 23 сон бригадирлъун).\n— Асхӏаб, дур хӏалбихьиялъул борхалъудасан балагьун кинаб хӏалтӏи бугеб вехьасул?\n— Гьелдаса захӏматаб хӏалтӏи батиларин ккола дида. Сезон батӏабахъичӏого, гӏодобкъо-байрамкъо гьечӏого, къасиги къадги, виччун, вакъван вугониги, вакъаниги къечаниги — гьоркьоб течӏого гьабизе кколеб хӏалтӏи бигьаябин кинха абилеб. Магӏарде-нахъе гӏи гочинабулаго ва мугӏрузда ругеб заманалда (анлъго моцӏ) вехьасе къанагӏат гурони щоларо рес сордо-къоялда жаниб лъабго-ункъо сагӏаталдаса цӏикӏкӏун парахатго кьижизе.\n— Советияб заманалдайищ вехьасе бигьа букӏараб, гьанжейищ бугеб?\n— Цебе сундулъго букӏана гӏадлу-низам, вехьасул къадру-къимат. Шартӏал гӏезегӏан лъикӏлъун ругониги, хӏалтӏизе чи щоларого букӏиналъги, гӏи хьвадулеб нухда ракьалъул хважаинзаби цӏикӏкӏиналъги, гьаб заманалда дагьаб захӏмалъизабун буго вехьасул хӏалтӏи.\n— Хӏалтӏухъ щолеб мухь кигӏан бугеб?\n— Дица абиларо гьабсагӏаталда вехьасе бугеб мухь, чӏезарун ругел бигьалъаби къадарал ругин абун. Амма доб заманалда, цоги жоялъул бицинчӏониги, квасул букӏана лъикӏаб къимат, цохӏо гьелъ тӏуралаан гӏемерал суалал. Гьебги, гӏемерал цогидал рахъалги хӏисабалде росун, доб мехалъ вехьасе цӏикӏкӏун щолаан.\n— Дагъистаналда гӏемерисел гӏаммал магӏишатал риххана, рикьана. Дур кинаб бербалагьи бугеб гьеб суалалдехун?\n— Гьаниб гӏаммаб магӏишататги биххизабун, пачалихъалъул гӏарацги хачан, жалго бетӏергьанал магӏишатал гӏуцӏиялъул магӏна дида бичӏчӏуларо. Бугеб цӏуни, гьеб цебетӏезаби, гьелъул хӏалтӏи борхизаби рикӏкӏуна дица битӏараблъун.\n— Дида бицана мун вугин хӏалтӏизе бокьулев чи. Хӏатта хӏалтӏи гьабуларого вукӏиналъ, дуца вацгицин хӏалтӏудаса нахъе гъунин абун. Битӏараб бугищ гьеб?\n— Жугьутӏав гьев ватаниги, дица къимат гьабула хӏалтӏулев чиясул, вац гьев ватаниги, хӏалтӏи бокьуларев чиясулгун дир дандеги кколаро. Дида лъаларо кӏвахӏаллъи абураб жо, гӏи бакъун бугони мехелалъго кьижизе кӏоларо дида. Дие бокьуларо цӏогь, данде кколаро гьереси, дида лъала гӏи-боцӏул хӏал, дун вуго хӏалтӏун ругьунав чи.\n— Жакъа дуе кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» абураб цӏар…\n— Гьереси щай, гьелдаса вохана, кутакалда разилъана. Баркала нухмалъиялъе гьаб хӏалалда магӏишат цӏунаралъухъ.\nМухӏамад Мухӏамадов, 40 соналъ хӏалтӏана механизаторлъун (комбайн, Т-150 трактор), цо лъагӏел буго бригадирлъун хӏалтӏулелдаса.\n— Мухӏамад, кинха араб механизаторлъун хӏалтӏараб 40 сон?\n— Ана разиго, дир гӏумруялъе ва хӏалтӏуе щибниги сундулниги къварилъи гьечӏого, гьабин абун, гӏарз бахъизе жо гьечӏеб хӏалалда.\n— Механизаторасул хӏалтӏуе бигьаяб заман кида букӏараб?\n— Цебе кинабго хӏажатаб чӏезабун букӏунаан, къваригӏел ккараб техника- алат хъващтӏан щвезабулаан гьанибе. Гьабсагӏаталда щоларого рукӏуна запчастал, гӏемер сверизе ккола гьезда хадур, щваралги чӏола цӏакъ хираго, даражаги букӏуна тохаб. Гьеб киналъго захӏмалъизабула хӏалтӏи\n— Мухьалъул хӏакъалъулъ бицани…\n— Цебеги квеш букӏинчӏо, хӏалтӏарав чиясе гьабсагӏаталдаги щола гӏезегӏан лъикӏаб гӏарац. Дове-гьаниве кьуричӏого, берцинаб хӏалалда хӏалтӏун, гьоркьохъеб хӏисабалда, моцӏалъ дие щолаан 30-40 азарго гъуруш.\n— Жакъа дуеги кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» абураб цӏар. Кинаб асарха гьабураб?\n— Советияб ва инсуца кьураб тарбиялда рекъон, дун кидаго вукӏана ва жакъаги вуго хӏалтӏичӏого чӏезе кӏоларев, хӏалтӏун ругьунав чи. Дун гьеб цӏаралда ва цоги шапакъатазда хадув лъугьунги вукӏинчӏо, гьезие гӏоло хӏалтӏулев чиги гуро. Амма гьеб цӏар кьун хадув гӏезегӏан разилъана, вохана. Гьеб кьейги дица рикӏкӏуна дирги дир хӏалтӏулги къимат гьабилъун.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "3306-ekstremizmalde-dande", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3306-ekstremizmalde-dande", "title": "Экстремизмалде данде", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Каспийскалда тӏобитӏана «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул дандеруссин\nДандеруссиналъул аслияб мурад ккола Россияги исламияб дунялалъул улкабиги цадахъ лъугьун терроризмалъул хӏинкъиялде данде къеркьей. Данделъиялда хасаб кӏварбуссинабуна, гьеб ишалъулъ гӏолилал гӏахьал гьариялъул мурадалда, гьезие лъайгун бичӏчӏи кьезе кколеблъиялде. Бицана гӏолилазул рахъалъ тӏобитӏулеб политикаялдаги лъайкьеялдаги пайда цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда цадахъал тадбирал гӏуцӏизе ккеялъул хӏакъалъулъги.\nДандеруссиналда гӏахьаллъана РФялъул къватӏисел ишазул министрасул заместитель, Гӏагараб Бакъбаккулги Африкаялъулги улкабазда вугев РФялъул президентасул хасав вакил Михаил Богдановги, «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъулги, гьединго исламияб бухьеналъул гӏуцӏиялъулги, цебетӏеялъул исламияб банкалъулги, лъайкьеялъулги, гӏелмуялъулги, маданияталъулги суалазул рахъалъ исламияб гӏуцӏиялъулги, гӏараб пачалихъазул лигаялъулги членал.\nГӏолохъанав бусурманав\nцевехъанасул школа\nДандеруссин рагьана ва нухда бачана РФялъул МИДалъул МГИМО (У)ялъул цивилизациязул партнерлъиялъул централъул директор, посол, стратегияб къокъаялъул координатор Вениамин Поповас. «Нилъеца гӏумру гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел бухьенал хӏалуцараб заманалда. Гьединлъидал цӏакъ кӏудияб кӏварги буго Россиялъулги бусурбабазул пачалихъазулги бухьенал камиллъиялъул. РФялда гӏумру гьабулеб буго 20 млн бусурманчияс. Хутӏараб дунялалда гьезул къадар бахуна цогун микьго миллиардалде. Нилъер бухьенал щулалъиялда бараб букӏине буго дунялалдаго парахалъи чӏезаби. Россиялъулги, Турциялъулги ва Ираналъулги цоцазулгун дандран гӏуцӏарал тадбиразул хӏасилалда рес щвана Сириялда анкьго соналъ халатбахъараб рагъуе ахир лъезе. Москваялъулги Эр-Риядалъулги къотӏиялда рекъон, рес щвана чӏегӏернартил багьа рукӏалиде ккезабизеги, Россиялдаса Турциялдеги Египеталдеги самолетал роржинари цӏигьабиялъеги, гьел пачалихъазул экономикаялъе пайда бахиналъеги. Россиялдаса къватӏисел улкабазе бичула пурчӏинадул 30 млн тонна, гьелъул 80 процент уна исламиял пачалихъазде: Нигериялдаса байбихьун Индонезиялде щвезегӏан. Дармил букӏа, улка цӏуниялъул букӏа, яги атомалъулаб промышленносталда букӏа – ниж хӏадур руго исламиял пачалихъазулгун бухьенал жеги щула гьаризе. Гьеб рахъалъ пайдаяб иш гьабулеб буго Рустам Миннихановасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулеб бугеб «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъги: гьелъ квербакъулеб буго магӏишатиялги, рухӏиялги, маданиялги, гуманитариялги ва цогидалги рахъазда бухьенал щулалъиялъе», — ян бицана Вениамин Поповас.\nРехсараб къокъаялъ тӏоритӏарал данделъабазулги, басмаялде рахъарал тӏахьазулги ва бахъараб фильмалъулги хӏакъалъулъ бицун, Поповас загьир гьаруна гьадинал пикрабиги: «Халкъазда гьоркьосеб терроризмалъул хӏинкъи жеги лъугӏун гьечӏо. Гьединлъидал Россиялъул президент Владимир Путиница бакътӏерхьул улкабазул партнеразде хитӏаб гьабун букӏана, цадахъал тадбирал гӏуцӏизе рачӏаян абун. Амма гьеб ахӏуе жаваб щвечӏо. Гьединлъидал, ракӏалде ккана бусурманал гӏолилазда гьоркьоб лъайкьеялъул ва бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи камиллъизабизе. Гьелъул мурадалда бокьун буго «Гӏолохъанав цевехъанасул школа» абураб проект хӏадуризе. Гьелъул кьучӏалда нилъехъа бажарилаан экстремизмалде дандечӏей гьабизе гуребги, гьединаб хӏаракатчилъи бижунгутӏиялъего квербакъулел гӏолохъанал нухмалъулел хӏадурунги», — ян.\nРФялъул президентасул хитӏаб\nТатарстаналъул бетӏерас баркала кьуна Дагъистаналъе лъикӏаб гьоболлъиялъухъги лъикӏ гӏуцӏараб дандеруссиналъул хӏалтӏул программаялъухъги. Гьес цӏалана РФялъул президент Владимир Путиница дандеруссиналъул гӏахьалчагӏазде гьабураб хитӏабги.\n«Хириял гьудулзаби! Ракӏ-ракӏалъулаб салам буго нужеде, «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул иргадулаб дандеруссин рагьиялда бан. РФялъ кӏудияб кӏваркьолеб буго исламиял пачалихъазулгун бухьенал гӏатӏид гьариялде.\nГлобалиябги регионалиябги политикаялъул рахъалъ нилъер гӏемерисел пикраби рекъонкколел руго. Нилъ цадахъ рахъунел руго ритӏухъаб ва демократияб дунял гӏуцӏизе, гьеб дунялалда ихтияралги эркенлъиги цӏунизе, къуваталъулаб яги экономикиябгун информациялъулаб тӏадецуялдеги цояз цогидал хӏакъир гьариялдеги данде.\nРоссиялдаги исламияб дунялалдаги гьоркьор гӏуцӏун руго дармилгун экономикиялги, гӏелмиялгун техникиялги ва гуманитариялги гьоркьорлъаби, бакӏалъулал тунка-гӏусиялги гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалалги тӏагӏинариялъул рахъалъги цадахъаб хӏалтӏи.\nСтратегияб къокъаялъул жакъасеб дандчӏваялъул буго цӏакъ кӏудияб кӏваралъул масъала – терроризмалъулги экстремизмалъулги идеологиялде дандечӏей, гьелдаго гъорлъе уна гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏи, лъайкьеялъул рахъалъ цадахъаб хӏалтӏи. Гьеб ишалъулъ нужее дица гьарула тавпикъ», — ан хъван буго президентасул хитӏабалда.\nХадуб Рустам Миннихановас бицана стратегияб къокъаялъул нухмалъиялда гъоркь исана гьарун рукӏарал тадбиразул хӏакъалъулъги. Гьесул баяназда рекъон, 2018 соналда тӏобитӏун буго 25 тадбир: 13 – Татарстаналда, лъабго – Москваялда, микьго – къватӏисел улкабазда, цо – Крымалда.\nБицана Миннихановас гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги. «Террористазул къокъабаз жигар бахъулеб буго, динги гьоркьоб ккун, нилъер гӏолилал жидерго кьеразулъе рачине. Гьединлъидал аслияб кӏвар буссинабизе ккола динияб лъайкьеялде. Исламияб лъай щвезе гъира бугел гӏолилал Татарстаналда цӏализарула ункъо батӏияб идараялда: мажгитазда цере гӏуцӏарал курсазда, Россиялъул исламияб университеталда, Болгариялъул исламияб академиял ва мадрасаялда. Тӏоритӏула батӏи-батӏиял форумалги. Хӏадурун буго гӏолилазул жигарчилъи хӏалтӏизабизе рес кьолеб чанго проектги», — ян бицана субъекталъул нухмалъулес.\nГӏолилазул рукӏа-рахъиналдеги кӏварбуссинабизе кколинги абун, Рустам Миннихановас рахъккуна Вениамин Поповасул пикруялъул: гӏолохъанал церехъабазул академия рагьи лъикӏаб иш букӏинин ва, гьеб пикру гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда, исламиял бухьеназул гӏуцӏиялъул кумекги хӏалтӏизабизе ккелин абуна гьес.\nЛъабго батӏияб дин Дагъистаналда\nДагъистаналъул бетӏерасеги рекӏее гӏуна гӏолохъанал исламиял церехъабазул академия рагьиялъул хӏакъалъулъ пикру. Гьес ракӏалдещвезабуна дагьаб цебе республикаялда тӏобитӏараб «Дир Дагъистан» абураб кадрабазул къец. «Гьелда гӏахьаллъана 11,5 азарго гӏолилав. Къецалъул хӏасилалда финалалде рорчӏарал гӏолилазул 90 процент ратана Дагъистаналдаго гӏумру гьабулел», — ан абуна Владимир Васильевас.\nХадубги гьадин абуна гьес: «Дагъистан буго гӏемермиллатазулаб регион, гьаниса байбихьана гьанжесеб Россиялъул Федерациялъул ракьалда ислам тӏибитӏизеги. Гьаниб цебего дин гьабулеб буго бусурбабазги, насраниязги, ягьудиязги. Гьезул вакилзабазул цоцазде дандечӏейги букӏинчӏо киданиги. Ислам лъугьун буго Россиялъул пачалихъалъулги, тарихалъулги, маданияталъулги тӏолареб бутӏалъун. Россиялъул бусурбабазул муфтиязулгун Уфаялда тӏобитӏараб дандчӏваялда улкаялъул президент Владимир Путиница абуна: «Ислам лъугьун буго жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъул кӏвар бугеб бутӏалъун, ва гьелъ квербакъулеб буго нилъер жамгӏияталъул рухӏиябгун маданияб цебетӏеялъе», — ян.\nВладимир Васильевас ракӏалдещвезабуна 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористазде данде дагъистаниял рахъинги, улка цӏунизе гьезул букӏараб гъираги. «Гьабсагӏаталда республикаялда буго 2672 динияб гӏуцӏиги, рузман балеб 1337 мажгитги, 116 авал-мажгитги, как балеб 158 рукъги. Дагъистаналъ жигаралда гьарулел руго исламиял улкабазулгун бухьеналги», — ян абуна гьес.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "3307-ana-dag-istan-tsiuneyan-amanatgi-gabun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3307-ana-dag-istan-tsiuneyan-amanatgi-gabun", "title": "Ана, Дагъистан цӏунеян аманатги гьабун", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "12 ноябралда Аллагьасул къадаралде щвана «Кунаки» фестивалалъул президент, журналист ва культуролог Сулиета Кусова\nКъуватай, чӏухӏарай, берцинай, гӏакълу гъваридай, Дагъистан цӏакъ хирияй … . Жеги сон дандбалеб букӏана тӏадеялъул гьабизе бугеб хӏалтӏул, жеги сон рохун рукӏана фестиваль гӏуцӏадго иналдаса. Лъалаан унтун йикӏин, амма лъидаго бихьизе течӏо. Унтул цӏехедал, гьелъ абуна: «Дир рухӏ Дагъистаналда босизе хъван батани Аллагьас, биччанте гьеб гьедин букӏине. Дун гьелда разияй йиго».\nУнтухъ балагьичӏого, тӏобитӏана фестиваль, тӏоритӏана гьалбал ва … ана… Ана сихӏкъотӏун, лъилго рахӏатхвезабичӏого, жиндир унти нахъбекизе букӏиналда цогидалги божизарун.\nИтни къоялъ гӏумруялдаса ятӏалъана Сулиета Кусова-Чухо, журналист, культуролог, «Кунаки» кинофестивалалъул президент."}
{"slug": "3308-derbentalde-kivarkeze-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3308-derbentalde-kivarkeze-bugo", "title": "Дербенталде кӏваркьезе буго", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "4 ноябралда Дагъистаналде вачӏун вукӏана Россиялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовников\nГьесда дандчӏвай гьабуна республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевас ва ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановас. Гьел дандчӏвана 2000 соналда, хун хадуб, Бихьинчилъиялъул орден кьезе вихьизавун вукӏарав рагъулав хъулухъчи Марат Молчановасул эбел ва яц Наталья ва Эйдан Молчановалгун.\nРоссиялъул президентасул указалдалъун, Марат Молчанов вихьизавун вукӏана гьеб орденалъе. Амма фамилиялъулъ гъалатӏ бугиланги абун, орден кьей нахъбахъун букӏун буго. Долдаса нахъе ана анцӏила микьго сон. Фамилиялъулъ ккараб гъалатӏ битӏизабизе къваригӏунеб батана гьебгощинаб заман. Гьанже гьеб щвана республикаялъул нухмалъиялъул кумекалдалъун.\nГьединго гьел щвана Дербенталде, дандчӏвана шагьаралъул гӏадамалгун, ана Нарин-Хъалаялде. Дербент шагьаралъул администрациялда тӏобитӏараб дандчӏваялда бицана социалиябгун экономикияб рахъалъ шагьар цебетӏезабиялъул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "3309-gara-chivari", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3309-gara-chivari", "title": "Гара-чӏвари", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нилъерго хаслъи цӏунизе ккола\nДагъистаналда миллатазда гьоркьоб дагӏба-рагӏи киданиги букӏинчӏо ва букӏинеги гьечӏо\nЖакъа Дагъистаналъул жамгӏияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул, киса-кибего тӏибитӏулеб бугеб глобализациялъул ва цогидалъул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул этнографиялъул отделалъул заведующий, гӏалимчи, тарихиял гӏелмабазул доктор, Чӏарада районалъул Арчиса Мухӏамадхан Мухӏамадовасулгун.\n— Мухӏамадхан, дуца кинаб къимат кьолеб Дагъистаналъул жамгӏияталда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъе, мигьлъулеб бугеб миллияб хаслъиялъе?\n— Къокъго абуни, дагъистаниял чанкӏкӏун руго. Гьезие щибго ургъелги гьечӏо бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Кинавго чи вуго гъуршида, щолеб жоялда хадув лъугьун. Кӏочон тун буго умумузул тарих, ретӏа-къай, хьвада-чӏвади, гӏадатал, гӏамал-хасият ва гӏемерал цогидалги, ай мисал босизе, наслабазе цӏунизе кколеб тӏабгӏалъул рахъал. Бищунго пашманлъизе ккараб жо буго миллиял мацӏазе бугеб хӏинкъи, гьеб лъалелги бицунелги дагьлъулел рукӏин. Бичӏчӏулеб жо, нилъее бокьаниги бокьичӏониги, дунялалда тӏадго унеб буго глобализация, ай дунялго цо коцонибе, цо къагӏидаялде, магӏишат-яшавалде рачин. Хасго гьеб хехлъана XХӀ гӏасруялъул байбихьуда, информациялъулабгун электронияб технология цебетӏеялъ. Глобализация бугин абун эхере квералги риччан чӏезеги бегьуларо, аза-азар соназул тарих бугел Кавказалъул, Дагъистаналъул цивилизация тӏагӏине тезе биччазе бегьуларо. Нилъеда бихьулеб бугогури глобализациялъул церехъабилъун ругел бакътӏерхьул улкабаз гьебго заманалда жидерго цӏар, хаслъи цӏунулеб бугеблъи. Дагъистаниязе, магӏарулазе хӏажат буго глобализациялдаса битӏун пайда босизе. Мисалалъе, росабалъе гьарила лъикӏал нухал, кьоял, бачина газ, росабалъ гьабила канализация. Росабалъ лъикӏал шартӏал чӏезаруни, росаби цӏунун хутӏула, рахьдал мацӏ, гӏадат-гӏамал тӏагӏунаро. Бичӏчӏизе ккеларищ, гӏагараб мацӏ билани, нилъер къисматго мекъи ккезе бугеблъи. Кин бичӏчӏилеб магӏарул районазда, хӏатта цо-цо росабалъ данделъаби гӏурус мацӏалда тӏоритӏи, школазда, больницабазда игӏланал гӏурус мацӏалда хъвай? Гӏурус цӏарал лъей гуребги, ясли-ахазда лъималазда бицунеб мацӏги гӏурус буго. Къойидаса къойиде школазда дагь гьарулел руго рахьдал мацӏалъул сагӏтал. Халкъазул тарихалда жаниб интеллигенция кидаго букӏана адабиятгун маданият цебе цӏалеллъун ва цӏунулеллъун. Щаялиго гьел руцӏцӏун чӏун руго, Халкъияб Собраниялде рищарал нилъер депутаталго гӏадин. Мацӏал тӏагӏинарулел ругин абула. Гӏурус миллаталъе хӏажатаб жо гуро гьеб. Гьеб буго политиказ гьабулеб жо. Гӏурусаллъун нилъ лъугьине гӏурус халкъалъе къваригӏараб жо гуро. Дица гӏемер хӏисаб гьабураб, бихьараб буго, гӏурусазда гьоркьор ругеб мехалда кинаб миллаталъул вакил вукӏаниги, жидерго гӏадаталги, гӏамалги, динги, ай менталитет цӏунарав чиясул гьез адаб гьабула. Амма гьезда релълъине лъугьани, гьез хӏаларо, кӏиабилеб сорталъул чилъун рикӏкӏуна.\n— Дагъистаналъул ва хӏукуматалъул бетӏерлъунги цогидал жавабиял хъулухъаздеги рачӏана къватӏиса гӏадамал. Гьал къоязда гӏуцӏана цӏияб хӏукуматги…\n— Совет Союз биххаралдаса нахъе, тӏолабго улкаялдаго гӏадин, гӏадлу-низам биххана Дагъистаналдаги. Тӏегьана ришватчилъи, цӏогь, хъамалчилъи. Гьеб лъугьана гӏадатияб жолъун, гьелде ругьунлъана халкъги, халкъалъе нухмалъи гьабизе таралги. Щивав чи ругьунлъана жиде-жидеего санагӏалъи гьабизе. Гӏун бачӏана гӏарцухъ тӏадегӏанал цӏалул идараби лъугӏараб гӏел. Профессионалияб гуребги, рухӏияб рахъалъги гӏураб даража гьечӏел гьез куцазе, сах гьаризе, лъай кьезе, гӏадлу-низам гьабизе буго нилъее. Чамгӏалаб заманалда гӏураб гӏелалда (руцӏцӏун чӏараб чӏахӏияб гӏелалдаго гӏадин) кӏочон тана Дагъистаналъул халкъалъе хасиятаб кинабго лъикӏабщинаб. Къокъго абуни, бачӏана рухӏияб хъарцинлъи. Жакъа Дагъистаналъул нухмалъиялде къватӏиса гӏадамал рачӏин батӏи-батӏияб хӏалалда къабул гьабулеб буго дагъистанияз. Ракӏ-ракӏалъ абуни, пикру гьабулев дагъистанияв гьелда рази гьечӏо. Гьеб бичӏчӏулеб буго нилъедехун божилъи гьечӏолъи гӏадин. Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе гӏураб гӏакълуги, лъайги, вацӏцӏалъиги бугев чанги дагъистанияв ватила. Цӏогьодулел ратунилан нилъерал жанир лъей гӏадатиял дагъистаниязул гӏайибищ бугеб? Москваялда лъаларогойищ букӏараб республикаялда бугеб коррупция? Гьелъул бутӏа щолеб букӏинчӏодай дора ругел министерствабазул ва ведомствабазул нухмалъулезе? Бикъа-хъамиялда, ришватчилъиялда ва цогидалги ишазда хадуб хъаравуллъи кквезе лъебералда хадуб федералияб гӏуцӏи буго Дагъистаналда. Щай гьезда гьикъичӏеб тӏадаб хӏалтӏи тӏубачӏолъиялъул, щив гьезул жанив тӏамурав, щив хӏалтӏудаса вахъарав? Суалал, суалал. Гьенибго абун тела, цо-цо коррупционерал жанир лъей тун батӏияб, тӏубараб лъагӏел бана республикаялъул цӏияб нухмалъи бачӏун, щиб хиси ккараб? Налогал цӏикӏкӏун ракӏаранин абулеб буго. Гьелдалъун лъималазул пособиялищ, хӏалтӏухъабазе харжалищ, пенсиялищ цӏикӏкӏарал? Киб бугеб тӏаде рагьараб цӏияб предприятие, гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал?\n— Пачалихъияб Думаялъул депутат В. Жириновскияс абун букӏана, миллиял республикабиги хвезарун, гьезул бакӏалда гӏуцӏизе кколин территориалиял гӏуцӏаби. Жириновский вуго Кремлялъе хӏажатаб, гьабизе къваригӏараб хӏукму цебеккунго къватӏибе кьолев чи. Гьединаб хӏукму гьаби кин дуда бихьулеб?\n— Нус-нус соназ эркенлъиялда рукӏарал, гьелъие гӏоло гӏемерал биял гӏодоре тӏурал халкъал рукӏиналъин Северияб Кавказалъул гӏисинал миллатазе союзияб кьечӏониги, автономиялъул статус кьураб. Гьанже гьебги хвезабун территориалияб гӏуцӏи Северияб Кавказалда гьабизе лъугьин мекъаб политика букӏина, нилъер миллатазги гьеб къабул гьабиларо.\n— Ахираб заманалда Северияб Кавказалъул республикабазда: Кабардино-Балкариялда, ракьазул гӏорхъаби сабаблъун чачаназда ва ингушазда гьоркьоб дандеккунгутӏиял лъугьана. Гьединаб суал баккизе рес бугищ Дагъистаналда?\n— Киданиги гьечӏо. Дагъистаналда миллатазда гьоркьоб рагӏи-дагӏба киданиги букӏинчӏо. ХVIII-ХIХ гӏасрабазда пачаясул Россиялъ чанги хӏалбихьана нилъер гьанир рукӏарал политикиял гӏуцӏаби цоцаде гьусизаризе, «рикьизаре ва тӏадчилъи гьабе» абураб империялъул лозунгазда гъоркь. Амма гьелъул хӏасил ккечӏо.\nТӏадчагӏазул рахъалъ имам Шамилица пристав Руновскиясда абурал рагӏабиги рехсон тела гьанир. Гьезулъ буго кӏудияб магӏна:… «Тӏоцебесеб иргаялда магӏарулазе хӏажат буго ханзабазул кверщел ва дворяназул цӏарал тӏагӏинари. Дица гӏадин чӏегӏераб ратӏлилъ чӏезаре бегзаби. Гьедин гьабизе нужеда кӏолеб батичӏони, гьезул цӏарал гьезухъго те, амма рекьарухъабазда тӏад гьел тоге, улкаялъул нухмалъиялде гьел риччаге.\nРиччанте гьез, цогидазго гӏадин, гӏумру гьабизе. Мисалалъе, дица нухмалъи гьабулеб 25 соналда жаниб гьедин гӏумру гьабизе гьел ругьунлъун рукӏана, гьединлъидал гьезие захӏмат букӏине гьечӏо жидерго ихтияраздаса думалъго махӏрумлъизе. Гьединан нужеца гьабичӏони, нужеда бихьила, Дагъистаналда кидаго рукӏине руго гъамагъирал ва биялтӏеял; нужер хӏукуматалъе щибниги пайда букӏинаро, рукӏина кидагосел квалквалал ва квекӏенал».\nГара-чӏвари гьабуна\nПайзула Пайзулаевас."}
{"slug": "3310-barkalayal-ul-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3310-barkalayal-ul-kag-at", "title": "Баркалаялъул кагъат", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гӏинкълъи — рогьо гуро\nВетеранал рази руго Шамилидаса\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи Гӏалигӏумар Муртазагӏалиевасул, Любовь Левченкол, Нияз Велиевасул ва Зайнудин Гӏисакъовасул цӏаралда редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Ниж киналго ккола гӏинда бакӏал херал-ветеранал. Чамалиго сон буго гӏинда балеб аппарат букӏине кколедухъ хӏалтӏуларого. Хӏалалъ рилълъун, ине кколаан гьеб къачӏалев ва рекъезабулев специалист валагьизе, амма гьеб махщалил устар валагьи буго цӏакъ захӏматаб масъала. Аллагьасе рецц, 2016 соналдаса нахъе гьеб къварилъи нижеда тӏаса босана «Память поколений» абулеб фондалъул специалист Шамил Чӏинкӏовас. Гьес балагьула нижее дандекколеб аппарат ва рекъезабула гӏинда. Зама-заманалдасан, «Бацӏцӏадаб гьаракь» абулеб централдаса къваригӏунел алаталги росун, вачӏуна нижехъе рокъове гӏинда ралел аппаратазул хӏалтӏиялъул халгьабизеги. Ниж цӏакъ рази руго Шамилица гьабулеб кумекалдаса. Гьесул нижее бищунго бокьулеб хасиятги ккола херал чагӏаздехун букӏунеб недегьлъи, бицунеб рагӏиялъул хӏеренлъи, гӏинкъал чагӏазе кумек гьабизе гьес бахъулеб жигар. Шамил вуго жиндирго хӏалтӏи лъалев ва гьеб бокьулев чи. Бокьун буго меседил кверазул устар Шамилие ва гьесие битӏараб тарбия кьурал гьесул эбел-инсуе ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе», — ян.\nШамил ккола Гъуниб районалъул Къородаса. Дагъистаналъул политехникияб университеталъул радиотехникияб факультетги лъугӏизабун, хӏалтӏулев вуго Махӏачхъалаялъул Гоголил къотӏноб бугеб «Арника» абулеб поликлиникаялда слухопротезистлъун. Гьес хасаб аппараталдалъун халгьабула чиясда кин рагӏулебали ва, гьелъул хӏисабги гьабун, щивасда дандеккезарун, рекъезарула гӏинда ралел аппаратал. Къачӏала хварал ва басралъарал.\n— Шамил, босизе щолищ гьаб заманалъул гӏинда балеб бокьараб аппарат, гьезул багьа кигӏан букӏунеб?\n— Багьа бараб букӏуна аппараталъул къуваталда. Масала, бищунго гӏадатияблъун рикӏкӏунеб «Иток У-01» аппараталъул багьа 4500 гъуршиде бахуна, тримерниял цифровиял аппаратазул багьа букӏуна 8-12 азарго гъуруш. Бокьараб программа жаниб лъезе рес бугел аппаратазул багьа 120 азарго гъуршидеги бахуна.\n— Гӏинда ралел аппаратал инвалидазе хӏукуматалъ чӏорого кьоларищ?\n— Кьола, амма гьел чӏорого щвезе ккани, инвалидаз гӏемераб гӏетӏ тӏезе ккола. Цо идараялда аппаратал чӏорого щолел инвалидазул сияхӏ гьабула, цоги идараялда иргаялда чӏезе ккола, лъабабилеб идараялде гьел росизеги ине ккола. Гьелъ инвалидазул ццим бахъинабула, заман чӏвала, гьединлъидал дагьабниги рес бугес, жинцаго гӏарацги кьун, босула аппарат.\n— Аппаратал чӏорого кьолеб бакӏалдаги хӏилла-рекӏкӏ камуларилан бицуна…\n— Дагъистаналда киб бугеб гӏарцуда сверун хӏилла-рекӏкӏ камураб бакӏ? Хӏукуматалъ чӏорого кьурал аппаратал рекъезаризе ва къачӏазе дихъе рачӏарал инвалидаз гӏажаиблъи гьабула дир гьанир гьелго аппаратал кӏиго-лъабго нухалъ учузаб багьаялда ратидал.\n— Шамил, гӏинда бакӏал чагӏазда щиб малъилеб, кинаб гӏакълу дуца гьезие кьелеб?\n— Гӏинда бакӏал цо-цо чагӏи, нечон, аппарат бачӏого чӏей мекъи буго. Жакъасел аппаратал лъола гӏинда жанир ва лъикӏ балагьани гурони, гьел рихьуларо. Гьездаса инкар гьабуни, къобахъанагӏан гӏинкълъиги цӏикӏкӏуна.\nЦогидаз кьураб аппараталдаса пайда босизе бегьуларо, специалистас балагьула щивасда дандекколеб аппарат ва рекъезабула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3311-resal-va-shartial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3311-resal-va-shartial", "title": "Ресал ва шартӏал", "date": "2018-11-20 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "100 школа\nХалгьабуна проект гӏумруялде бахъинабиялъул\nМахӏачхъалаялдаги Каспийскалдаги къачӏалел руго «100 школа» абураб проекталда гьоркьоре арал школал. Гьеб иш кинаб хӏалалда бугебали халгьабуна ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул министр Гӏусман Хасбулатовасги, гьесул заместитель Гӏабдурахӏман Гӏабдурахӏмановасги, ДРялъул лъайкьеялъул министрасул заместитель Арслан Бачиевасги, Махӏачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник Тӏагьир Мухтаровасги.\nГьел цин щвана Махӏачхъалаялъул №51 школалде. Гьениб къачӏалеб буго тӏох ва базе буго цӏияб котельная. Гьел хӏалтӏаби хехлъизареян лъазабуна комиссиялъ.\n№34 школалда кьучӏдасанго къачӏалел руго спортзалги душеваяги. Гьенир хӏалтӏулел устарзабаздехун гӏезегӏан суалал рукӏана комиссиялъул. Гьез лъазабуна чӏабар цӏидасан къачӏайилан. «Нужеца чӏабар къачӏалеб куцалъухъ балагьун, бичӏчӏулеб буго, цо чанго соналдасан гьеб цӏидасан туризе бугеблъи. Гьедин ккунгутӏизе, батӏияб къагӏида балагье»,- ян лъазабуна подрядчикасда. Гьесги рагӏи кьуна чӏарбида гъоркь цементалъул гъат лъезе.\nРехсараб проекталда рекъон, №8 лицеялда, цӏулал гордазул бакӏалда, лъолел руго пластикаялъул гордал ва цӏигьабулеб буго тӏох. Гьениб гьабун батана гӏураб хӏалтӏи.\nАхиралда комиссия щвана №4 школалде. Меценатазул гӏарцухъ гьениб тӏубанго хисана школалъул мина хинлъизабулеб къагӏида. Гьарулел руго цӏаккеялдаса цӏуниялъул тадбиралги.\nГьединаб халгьаби щибаб гьатӏанкъоялъ букӏине бугин лъазабуна Гӏусман Хасбулатовас.\nКаспийскалъул школазде Гӏусман Хасбулатовасда цадахъ щвана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумароваги. Гьез халгьабуна №8 лицеялъул – гьенир цӏигьарулел руго хӏажатханаби ва хисулеб буго данделъабазул залалъул чӏабар. Лицеялъул директор Рашид Гӏабдулаевас абуна, ракӏалда бугин лъел мухъалгун гордалги хисизеян.\n№3 школалда хисун буго 48 горду ва къачӏан буго щуго хӏажатхана. Жеги гьедигӏанго хӏажатхана къачӏазе ккола ва хисизе ккола канализациягун школа хинлъизабиялъул къагӏида. Гьенир гьарулел хӏалтӏабазда хадуб халкколеб бугин проекталда гӏахьаллъулев меценатасин бицана школалъул директорас.\nКаспийскалъул №4 школалдеги щвана комиссия. Гьенир хисун руго 1973 соналдаго лъун рукӏарал гордал. Жеги къачӏазе руго хӏажатханаби ва хисизе руго кабинетазул нуцӏби.\nДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "3314-ril-l-ankh-izegi-l-aze-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3314-ril-l-ankh-izegi-l-aze-kkola", "title": "Рилълъанхъизеги лъазе ккола", "date": "2018-11-26 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Тӏилазги кумек гьабула сахлъи щула гьабиялъе\nКаспийск шагьаралдаса Ахӏмад Шапиевас редакциялде битӏун бачӏараб кагътида цӏехолеб буго: «Ахираб заманалда шагьаралъул парказда рихьула тӏилалгун хьвадулел гӏадамал. Лъазе бокьилаан инсанасул сахлъиялъе гьеб къагӏидаялъ рилълъанхъиялъул щиб пайда букӏунебали», — ян.\nГьаб суалалъе жаваб кьуна спортивияв тохтур Хӏусен Мажидовас.\nТӏилазул кумекалдалъун рилълъанхъиялъул къагӏида ургъаралъухъ баркала кьезе ккола финазул лыжниказе. Гьездасаги цебе, сапарчагӏаздаги халлъана, тӏилги гӏунтӏун рилълъанхъани, черхалъе бигьаго букӏунеблъи.\nКъоабилеб гӏасруялъул 80-абилел соназда финазул къагӏидаялда хьвади Европаялда сиялда букӏана. Гьеб къагӏида Россиялда байбихьана 2010 соналдаса нахъе, Дагъистаналдайин абуни, гьанжего гьанже тӏатун буго.\nГӏемерисез гьеб къагӏидаялъ рилълъанхъиялда абула скандинавазул яги шведазул рилълъанхъийиланги. Гьеб къагӏида рикӏкӏуна кьаралъи биунеб хьвадилъун. Гьелъ хӏалтӏизе тӏамула черхалъул ччорбазул 90 процент. Хьвадулеб заманалда цӏикӏкӏуна бидулъ кислород ва къваригӏел гьечӏел калорияздаса черх эркенлъула. Ччорбал къвакӏула, цӏикӏкӏуна чорхол хӏалтӏул даража.\nЛъалеб жо буго тӏилазул кумекалдалъун рилълъанхъиялъ унтараб мугъзагьод, махӏабазул ва кверазул рекарал рукьбузул ругънал рукӏалиде ккезариялъе кумек гьабулеблъи. Гьеб рилълъин бихьизабун буго гьуърал унтаразеги, инфаркт ккаразеги, бидурихьазул жагъаллъи бугезеги.\nТӏилалгун рилълъанхъизе лъикӏаб гьечӏо:\n• Унти цӏикӏкӏиндал.\n• Бидул тӏадецуй букӏин ва стенокардия тӏатиндал.\n• Рекӏел ва бидурихьазул, гьединго гьуъразул хӏалуцин цӏикӏкӏиндал.\n• Захӏматаб тромбофлебит тӏатиндал.\n• Рукьбузул ва ччорбазул унти цӏикӏкӏиндал;\n• Гриппалъ унтун ругони.\nЛъие пайдаяб бугеб?\nРигь арал чагӏазе гьеб рилълъанхъи цӏакъго пайдаяблъун рикӏкӏуна. Гьелъие къваригӏунаро кинабгӏаги хӏадурлъи. Рилълъанхъи рекъезабула черхалъул хӏалалде балагьун. Тренировкаялъул заманалда чара гьечӏого бидул кьабиялда хадуб халкквезеги ккола.\n1. Ригь арабгӏан, чорхолъа кальций унелъул, рукьби хехго рекулеллъун лъугьуна. Тӏилалгун рилълъанхъиялъ гьел щула гьарула.\n2. Гьеб рилълъанхъи лъикӏаблъун рикӏкӏуна тӏуртӏудиялъул унти бугезеги, инфаркталъ ва инсульталъ кӏвекӏаразеги.\nРилълъанхъи байбихьилалде чара гьечӏого багъа-бачаризабун, черх рукӏалиде ккезабизе ккола. Упражнениял гьаризе ккола ригьалъухъ ва сахлъиялъухъ балагьун.\nТӏилал тӏасарищулеб къагӏида\nГьелъие ургъун буго гӏадатияб ва киназего дандекколеб формула: чорхол борхалъи × 0,67 = тӏилазул халалъи. Масала, чорхол борхалъи 160 см. × 0,67 = 107 см. тӏилазул къваригӏунеб халалъи. Тӏилалги рукӏуна лъабго батӏиял:\n1. Хисулареб халалъиялъул;\n2. Сукӏулел;\n3. Телескопикиял, ай халалъи рекъезабулел.\nБищунго гӏадатиял ва учузал ккола хисулареб халалъиялъул тӏилал. Телескопикиял ккола санагӏатал, халалъи рекъезабизе бегьулел, амма хириял. Сукӏулел тӏилаз ккола гьитӏинаб бакӏ, амма гьезда тӏубанго божизе бегьуларо.\nМалъа-хъвай\nКваназе ккола тренировка байбихьилалде 3-4 сагӏаталъ цебе. Рилълъанхъулаго, дагь-дагьккун лъим гьекъезеги лъикӏаб буго, гьелдалъун чорхолъ лъугьунел хиса-басиял хехлъула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3315-narkotikazda-dande-rag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3315-narkotikazda-dande-rag", "title": "Наркотиказда данде рагъ", "date": "2018-11-26 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьабизе жо тӏагӏарас гӏомо борлъула\nНаркомания – нилъер заманалъул тушман\nСанайил Россиялда 70000 чи холев вуго наркотикал хӏалтӏизариялъул хӏасилалда. Кинха лъазе кӏолеб лъималаз наркотикал хӏалтӏизарулел ругищали? Гьеб суалалъе жаваб балагьилалде абила, наркомания бахунеб унти гурониги, РФялъул наркоманиялде данде къеркьеялъул комиссиялъ рикӏкӏунеб буго наркотикал хӏалтӏизарулев цо чияс 16 чи унтизавулин.\nНаркотикал ричиялда хадуб халкколеб Россиялъул федералияб (ФСКН) хъулухъалъул баяназда рекъон, улкаялда наркоманазул къадар бахун буго анлъго миллионалде, официалияб къагӏидаялъ хъвай-хъвагӏаялде росаразул къадарин абуни 500000 гурони гьечӏониги. Хутӏаралин абуни ккола рахча-хьван наркотикал хӏалтӏизарулел. Сахгьаризелъун медицинаялъул идарабазде рачӏунезул къадар цӏакъго дагьаб буго. Амма гьев 500000 наркоманасегицин дару гьабизе рес гӏолеб гьечӏо пачалихъалъул, лъагӏалида жанив 50000 наркоман гурони къабул гьавун бажаруларо наркологиялъул клиникабазухъа. Гьелдалъун наркоманиялъ пачалихъалъул бюджеталъеги кӏудияб зарал гьабулеб буго.\nУлкаялда ругел наркоманазул 20 процент ккола школлъимал, 60 процент – 16-30 сонил ригьалда ругел гӏолилал, хутӏараб 20 процент — чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал.\nСоветияб заманалде дандеккун, ахираб анцӏго соналда жаниб наркоманазул къадар цӏикӏкӏана. Масала, 1980 соналда улкаялда 50000 наркоман вукӏун ватани, 2018 соналда гьезул къадар анкьго миллионалде бахунеб бугин лъазабуна ФСКНалъул директор Виктор Ивановас. Кризисалъул заманалдайин абуни жеги 10 проценталъ цӏикӏкӏинецин бегьулин наркотикал хӏалтӏизарулезул къадарин рикӏкӏунеб буго гьес.\nФСКНалъул ДРялда бугеб отделалъул нухмалъулей Хасайбат Валиевалъул баяназда рекъон, цогидал регионазде дандеккун, нилъер республикаялда аслияб къагӏидаялда наркотикал гьаризе байбихьула 40-50 сонил ригьалде рахарал гӏадамаз. Ахирал соназдайин абуни республикаялда наркомания тӏибитӏиялъул къагӏида дагьаб хисунги буго. РФялъул УФСНКялъул ДРялда бугеб информациялъул ва жамгӏиял бухьеназул къокъаялъул баяназда рекъон, цӏикӏкӏунел руго гӏолохъанал, 25 сонил ригьалде рахинчӏел руччаби наркотиказде ругьун гьариялъул хӏужабиги.\nДагъистаналда бугеб наркотикал тӏиритӏизариялда хадуб халкколеб хъулухъалъул баяназда рекъон, ахирал соназда республикаялда наркотикал хӏалтӏизарулезул гӏолилазул ригь цӏакъго гӏолохъанлъун буго (12-14 сон). Ахираб 10 соналда жанибин абуни, наркотикал сабаблъун лъимал хвеялъул хӏужаби 42 нухалда цӏикӏкӏана.\n«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталъ гьабураб цӏех-рехалда рекъон, наркотиказде дандечӏеялъулъ Россиялъул 85 субъекталда гьоркьоб Дагъистан микьабилеб бакӏалда буго.\nДагъистан — микьабилеб бакӏалда\nЛъабго соналъ цебе РФялъул ДРялда бугеб УФСНКялъ гьабураб цӏех-рехалда рекъон, республикаялъул наркологияб диспансералда хъвай-хъвагӏай гьабун буго 6000-гӏанасев чиясул. Амма диспансералъул хӏисабалда лъечӏезул къадар 10 нухалъ цӏикӏкӏараб батулинги абула.\nРеспубликаялъул гӏадамал диналде руссарал рукӏиналъ, наркодиспансералъул хӏисабалда ругезул къадар дагьаб бугин бицуна наркотиказда данде къеркьеялъул мурадалда тӏоритӏулел цо-цо данделъабазда. Тӏатине чӏечӏого наркотикал хӏалтӏизарулезул къадар хӏисабалде босани, республикаялда соналдаса соналде цӏикӏкӏунел руго гьеб квешаб пишаялде машгъуллъарал.\nГьекъел-мехтел, наркомания, токсикомания – гьел «гӏузраби» рихьичӏел, гьезул хӏакъалъулъ рагӏичӏел чагӏи ратиларо нилъеда гьоркьор. Гӏолохъанаб ригьалда, щибго унтичӏого, тохлъукьего ракӏчӏун ва цогидалги ричӏчӏуларел гӏиллабаздалъун гӏадамал хвеялъул хӏужабиги камуларо. Гьединал хвелазе гӏиллалъунги, гӏемерисеб мехалда, наркомания яги токсикомания букӏин бичӏчӏаниги, гӏадамаз гьеб цоцаздаса бахчула. Нилъер хасият бугелъулха рокъоса къватӏибе хабар босулареб. Гьединлъидал ахирисеб ва балагьаб къоялде щвезегӏан бахчулеб буго наркоманиялъул унтиги. Гӏадамазда цере нечечӏого рукӏине гӏоло, бахчулеб буго жидерго лъималаз тӏасабищараб квешаб нух, гьелдалъун хадубккун зарал кколеб буго наркотикал хӏалтӏизарулезул хъизан-лъималазеги. Наркоманас живго унтарав чилъун киданиги рикӏкӏунаро. Гьединлъидал гьесул гӏумруялъулги сахлъиялъулги жавабчилъи тӏаде кколеб буго эбел-инсуде яги цогидаб гӏагарлъиялде.\n«Законалда рекъон, наркоманиялдаса яги мехталидаса инсан сахгьавизе ихтияр гьечӏо унтарасул изну гьечӏого, — ян бицун букӏана ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бетӏерав нарколог Мухӏамад Хӏайдаровас журналистазулгун букӏараб цо дандчӏваялда.\n– Судалъул хӏукмуялда рекъон, лъагӏалида жанив 4-5 чи гурони бажаруларо наркоманиялдаса сахгьавизе хӏалица тӏамун. Нижеда щибгӏаги гьабун бажаруларо, наркотиказде машгъуллъарав чи, сахгьавизе гӏоло гьесул гӏагарлъиялъ тохтурасухъе ине мукӏур гьавун гурони. Гӏагарлъиялъ диспансералда дару гьабизе мукӏур гьаруразул къадар лъагӏалида жаниб 1200-1300 чиясде бахуна. Щибаб соналъ жаниб хъвай-хъвагӏай гьабула 240-250 унтарасул. Гъоркьиса нижеца «наркомания» абураб диагнозгун хӏисабалда лъуна 170 наркоманги 300 гьекъолдухъанги. Нижер хӏисабалда вуго кинавниги 19000 чи, гьезда гьоркьов 6000-гӏанасев наркоман ва 13000 токсикоманги гьекъолдухъанги, — ян баян кьун букӏана гьес.\nСунца рачунел нилъер гӏолилал наркотикал хӏалтӏизариялде? Наркомания сахгьабизе кӏолищ? Гьеб къватӏиса бачун бачӏунеб балагьалдаса нилъерго лъимал, гӏолохъанаб гӏел кин цӏунилел? Гьединал суалал рорхула цо пуланав чияс наркотикал гьарулел ругин яги наркотикал сабаблъун кинабгӏаги такъсир гьабун бугин рагӏидал. Кин букӏаниги, жидер ва гӏагарлъиялъул гӏумруялъулъ гьединаб хӏужа дандчӏвазе ресго гьечӏин абун кӏвар гьабичӏогоги тола цо-цояз. Наркотиказда дандечӏеялъул хъулухъалъул вакилзабазин абуни цӏодорго рукӏине малъула, щайгурелъул наркотиказде ругьунлъулел ратулел ругелъул школалда цӏалулелги, батӏи-батӏиял хӏалтӏабазда ругелги. Масала, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул бетӏерав наркологасул рагӏабазда рекъон, ахирал соназда жаниб наркотикал хӏалтӏизаризе байбихьун буго батӏи-батӏияб ригьалъул ва ишалъул гӏадамаз.\n— Чанго соналъ цебе, наркотикал хӏалтӏизарулел рукӏун ратани, рукъги гьечӏев, дунялалдаса ракӏги буссарав чияс, гьанже гьединазул 60 процент ккола тӏадегӏанаб лъайги бугел, лъикӏаб харжги бачӏунел гӏадамал. Гьел ккола тохтурзаби, преподавателал, юристал, батӏи-батӏиял бакӏазул нухмалъулел. Гӏемерисеб мехалда гьел жалго рачӏуна наркоманиялдаса сахгьаризе диспансералде. Ахираб заманалда цо-цо руччабигицин рачӏунел руго наркологияб диспансералде. Гьел ккола россабаз гьекъезе ва наркотикал хӏалтӏизаризе ругьун гьарурал руччаби. Гьел сахгьаризеги захӏмалъула.\nНаркологал-тохтурзабазул пикруялда рекъон, наркотикал гьарулев чи сахгьавизе кӏола, амма гьелъие гӏемераб заман къваригӏуна. Наркотиказдаса черх бацӏцӏад гьабизе, ай гӏузру тӏагӏинабизе хӏажалъула 3-4 анкь. Хадубин абуни гьабизе ккола психологияб рахъалъ хӏалтӏи.\nЩибаб заманалда рекъон, наркотиказде гӏадамал ругьунлъиялъеги батӏи-батӏиял гӏиллаби рукӏунин рехсола психологаз. Ахираб заманалда гӏемерлъулел руго рес бугеб хъизамалдаса наркотикал хӏалтӏизарулел гӏолилал. Наркотикал ричулез гьединал цӏалелъулха аскӏоре. Наркотикал хӏалтӏизарулезе гӏицӏго гьезул эбел-инсуцаги гӏагарлъиялъги гурони кумек гьабун бажаруларилан абулелъул, нилъерго бачӏунеб гӏел XХӀ гӏасруялъул «гӏузрулъун» лъугьараб наркоманиялдаса цӏунизин. Нагагь гьеб гӏузру тохлъукьего къавулъе бачӏаразеги гьезул цӏарги росуги цӏехечӏого кумек гьабизе хӏадурал руго республикаялъул наркологияб диспансералъул хӏалтӏухъабиги. Гьезул буго пайда босизе бегьулеб жидерго хасаб сайтги (дагнарко.рф).\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3316-balagila-bikhila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3316-balagila-bikhila", "title": "Балагьила, бихьила", "date": "2018-11-26 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Январалдаса нахъе хӏалтӏизе буго тарихалъулаб телевидение\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго тӏадеялъул январалдаса нахъе аналоговияб (гьабсагӏаталда хӏалтӏулеб бугеб) телевидениялъул бакӏалда цӏияб (тарихалъулаб) телевидение хӏалтӏизе биччазе букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьелъие хӏадурлъиги нилъеца цебеккунго гьабизе кколеб буго. Гьабсагӏаталда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги, ругел тӏалабазулги, гьаризе кколел тадбиразулги хӏакъалъулъ мухӏканаб баян нижее кьуна радиоялъулгун телевидениялъул сигнал кьолеб централъул (РТПЦ) нухмалъулесул заместитель Гӏабдулагь Махӏатӏиловас.\n— Гӏабдулагь, РТПЦялъул аслияб хӏалтӏи щиб?\n— Телевизоралдасан щиб бугониги бихьизабизе ккани, гьенибе бачӏине ккола сигнал. Гьеб сигнал кьолеб къагӏида буго кӏиго – телевидениялъул вышкабаздасан ва спутникалдасан («Триколор», НТВ+). Дагъистаналда ругелщинал вышкабазул (219) хӏалтӏи тӏубала нижеца. Спутникалъул хӏалтӏи тӏубала «Роскосмосалъ», нижеда тӏаде ккола спутникалде сигнал битӏи ва гьениса гьеб къабул гьаби.\n— Щибжо кколеб аналоговияб ва тарихалъулаб телевидение?\n— Телевидение хӏалтӏиялъул гьанжелъизегӏан букӏараб ва гьабсагӏаталдаги бугеб къагӏида ккола аналоговияб, ай камералдаса ялъуни микрофоналдаса «синусалъул» хӏисабалда сигнал (карачелал) уна телевышкаялде ва гьениса гьеб бачӏуна телевизоралде. Телевизоралдасан цо канал бихьизе ккани, вышкаялда тӏад лъезе кколаан цо передатчик, кӏиго бихьизе ккани — кӏиго, ай цо канал рикӏкӏун цо передатчик. Дагъистаналда гӏемерисел районазда бихьизабула кӏиго-лъабго, цо-цо бакӏазда, гьезде тӏаде Дагъистаналъул «РГВК» каналги. Махӏачхъалаялда бихьизабула 16-17 канал. Гьелъие гӏемерал передатчикал лъезе кколеб ва гьелда цадахъго унел сигналазул частотабаз цоцазе квалквал гьабулеб букӏиналъ гьабсагӏаталда хӏалтӏизабулеб къагӏидаялъ, бугеб алаталъ рес кьоларо тӏокӏалъ цӏикӏкӏун каналал рихьизаризе.\nГьединлъидал ургъун буго цӏияб, тарихалъулаб къагӏида – сигналал уна «импульсазул» хӏисабалда, гьелъ рес кьола цӏиял технологиял хӏалтӏизарун, цо передатчикалдасан телевидениялъул 10 ва радиоялъул лъабго канал къватӏибе кьезе. Тарихалъулаб телевидениялъул буго кӏиго лъикӏаб рахъ. Тӏоцебесеб, гьелъ рес кьола цӏикӏкӏун каналал рихьизаризе. Кӏиабилеб, аналоговияб къагӏидаялда ругони, станциялдаса рикӏкӏалъарабгӏан тохлъула бихьизаби, экраналда лъугьуна гӏазу балеб гӏадинаб сипат-сурат. Тарихалъулаб телевидениялъул бихьи букӏуна цо хӏалалъул, кив мун вугониги (хӏакъаб жо, сигнал босулебгӏан бакӏалда).\nБачина гьадинаб мисал, чода рекӏарав дуца кигӏан гьеб буханиги, жиндирго бажариялдаса цӏикӏкӏараб хехлъиялда гьеб бекеризе рес гьечӏо. Хехго ине бокьани, мун рекӏуна машинаялда, батӏияб сабаб гьечӏо.\n— Мисалалъе, лъица бугониги абулеб бугони гьеб къваригӏун гьечӏин, щиб ккезе бугеб?\n— Гьабсагӏаталда Дагъистаналда хӏалтӏулеб буго 164 тарихалъулаб станция, гьезул щибалда тӏад лъола кӏиго передатчик, щибаб передатчикалъги кьезе буго 10 канал (цоабилеб ва кӏиабилеб мультиплекс). Мун шагьаралда яги росулъ вукӏа, кибго бихьизе буго 20 канал. Гьел хӏажат гьечӏин абун чиги чӏелищха. Гьеб ккола машинаялдаги рекӏун гурев, гьакидаги рекӏун инин дун росулъейин аби.\nГьанжесел телевизораз ккола цӏияб, тарихалъулаб сигнал, басрияб телевизоразул гьечӏо гьеб кколеб ва кьолеб къагӏида. Гьединаб телевизор хисизе (ялъуни цӏияб тайпаялъул босизе) бокьичӏез лъезе ккола хасал приставкаби, гьеб мехалъ бихьула («Триколор», НТВ+ тарелкаби лъечӏого) къоябго канал. Гьезул багьаги гьедигӏан цӏикӏкӏараб гьечӏо (350-2000 гъуруш), лъезе захӏматаб жоги гьеб гуро (токалъул розетка – антенна – телевизор).\n— Цӏияб телевизорги гьечӏев, приставкаги лъечӏев, амма «Триколор» ялъуни НТВ+ тарелка бугев чиясда бихьизе бугищ гьеб къоябго канал?\n— Буго. Базовияб блокалъухъ 1200 азарго гъурушги, жеги цӏикӏкӏун каналал рокьани дагьабги гӏарац кьун хадуб гьеб къогоялда тӏаде гьесда рихьила жеги нус-нус каналалги, амма гьесда бихьизе гьечӏо Дагъистаналъул «ГТРК» канал.\n— Цӏияб приставкаялда цадахъ «тарелкаги» лъун бугони, гьез цоцазе квалквал гьабулищ?\n— Гьабуларо. Тӏадеги харж гьабун жеги цӏикӏкӏун каналал рихьизе бокьаразе кигӏан дагьабниги къварилъи гьечӏо.\n— Январалдаса хадуб тӏадаблъун гьабун бугищ цӏияб къагӏидаялде рачӏине ялъуни бокьарас бокьараб гьабизе ресищ тун бугеб?\n— Тӏолабго Россиялда, январь моцӏалдаса хадуб, нусазарго ва цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулел шагьарал хутӏун киналго бакӏазда къазе буго аналоговияб телевидение.\n— Гьеб къан хадуб, цӏияб тайпаялъул телевизорги гьечӏев, приставкаги лъечӏев, «Триколор», НТВ+ тарелкаги рекъезабичӏев чи щиб хӏалалда хутӏилев?\n— Кинаб хӏал букӏинебали лъаларо, амма гьесул телевизоралъ щибго бихьизабизе гьечӏеблъи мухӏканаб буго. Гьев релълъина автостанциялдеги ун, автобус-маршруткаялдаги рекӏинаро, дун чӏела пайтун бачӏинегӏан абун вугев чиясда. Пайтунал хьвадулеб заман ана, балагьизе ккола церехун…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "3317-tsiiyab-k-agiida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3317-tsiiyab-k-agiida", "title": "Цӏияб къагӏида", "date": "2018-11-26 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Интернеталъул «хӏалкӏолъи»\nРес буго 05.r-mis.ru порталалдасан тохтурасухъе хъвай-хъвагӏай гьабизе\nРФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул № 406 буюрухъалда рекъон, иргаялда чӏечӏого, поликлиникаялде тохтурасухъе инелъун электронияб хъвай-хъвагӏай гьабизе ихтияр буго РФялъул гражданазул, батӏиял пачалихъазул гражданазул ва гражданлъи гьечӏел чагӏазул. Онлайн-хъвай-хъвагӏай гьабулаго, унтарас рихьизаризе ккола хадусел документазул реквизитал: паспорт, СНИЛС, медицинаялъул страховияб полис. Хадуб Интернеталда бугеб электронияб сияхӏалдаса тӏасабищула дурго поликлиника, къваригӏарав тохтур, къабул гьавиялъе рес бугеб къо ва заман. Хъвай-хъвагӏай гьабун хадуб, унтарасул хасаб электронияб кабинеталде рехун бачӏуна хӏадурараб талон. Тохтурасухъе ине рес ккечӏони, системаялъ изну кьола гьеб цоги къоялде бахъизе яги хвезабизе.\nГьеб хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугебали лъазабизелъун ниж щвана Махӏачхъала шагьаралъул цо чанго поликлиникаялде.\nРеспубликаялъул тӏомолгун венерологияб диспансералъул поликлиникаялъул заведующий Мухӏамад Ахӏмадов:\n— Гьеб хъулухъ нижер поликлиникаялда жеги хӏалтӏулеб гьечӏо. Хӏадурлъи гьабулеб буго хӏалтӏи байбихьиялъе: рекъезарун руго къваригӏунел алатал, гьелъие ругьун гьавулев вуго кӏиго хӏалтӏухъан. Пачалихъияб услугаялъул порталалдасан тохтурасухъе хъвазе нижеца байбихьизе буго исана декабралъул авалалда. Гьебмехалъ хӏалтӏизе буго видеобухьеналдасан тохтурас консультация гьабулеб къагӏидаги.\nРеспубликаялъул лъималазул цаби-гӏусазул поликлиникаялъул заведующий Тимур Ражабов:\n— Гьеб хӏалтӏи байбихьиялъе кинабго хӏадурун буго. Нижеца «Ростелекомалъулгун» гьабулеб къотӏи-къайги буго. Цӏияб соналдаса нахъе байбихьизе буго госуслугалъул порталалдаса пайда босизе.\nМахӏачхъала шагьаралъул № 6 поликлиникаялъул бетӏерай тохтур Бурлият Гӏисаева:\n— Унтаразул рес буго жиндирго хасаб кабинеталдаса госуслугаялъул порталалдасан бокьарав тохтурасухъе ине иргаялда чӏеялъул хъвай-хъвагӏай гьабизе ва дандекколеб заманги къоги чӏезабизе. Амма гьеб къагӏида гӏемерисезе, хасго херал чагӏазе, захӏмалъулеб буго. Гьединлъидал гьединаб ресалдаса пайда босулезул къадар щуго-анлъго процент гурони гьечӏо.\nЛъималазул восстановительнияб медицинаялъул ва реабилитациялъул централъул бетӏерав тохтур Залумхан Садулаев:\n— 2017 соналъул 15 ноябралда тасдикъ гьабураб РФялъул хӏукуматалъул № 2521-Р буюрухъалда рекъон, госуслугаялъул порталалдасан тохтурасухъе хъвай цебего гӏуцӏун букӏине кколаан. Амма гьеб хӏалтӏи жеги байбихьун гьечӏо. Хӏадурун руго къваригӏунел алаталги специалисталги ва бачӏунеб соналъул январалда гьеб къагӏида хӏалтӏизе биччазеги буго.\n«Целитель» поликлиникаялъул администратор Анжела Мухӏамадова:\n— Гьеб хӏалтӏи нижеца байбихьана бащдаб лъагӏелалъ цебего. Нижехъе рачӏунел унтаразул 70 проценталъ гьелдаса пайда босула ва бокьарав тохтурасухъе электронияб къагӏидаялда хъвала.\nЦӏияб къагӏида билълъанхъизабиялъул рахъалъ Махӏачхъалаялдацин расги лъикӏаб хӏал гьечӏеб мехалда, районазда гьеб иш кин гӏуцӏун бугебали лъазабизелъун бухьен ккуна кӏиго районалъул поликлиникаялъулгун.\nХунзахъ райбольницаялъул поликлиникаялъул заведующая Патӏимат Махулаевалъ абуна, жидеца госуслуги порталалъул ресаздаса пайда босизе жеги байбихьичӏилан. Гьелъие хӏажатал алатал лъезе ругила кватӏичӏого.\nШамил райбольницаялъул поликлиникаялъул заведующий Гӏали Хӏамзатовас абуна, жидехъ госуслуга абулеб портал хӏалтӏулебго гьечӏила. Гьеб хъулухъалъе къваригӏунел алаталги гьелда хӏалтӏизе лъалел чагӏиги ругила. Амма районалда гьеб хъулухъалъул кӏудияб кӏварго букӏинин кколарила, щайгурелъул гьенир абизегӏанасел иргаби рукӏунарила.\nДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб регионалияб медицинаялъул информациялъулабгун аналитикияб централъул директорасул ишал тӏуралев Эдуард Мустӏапаевас бицана:\n— Интернеталдасан унтарав тохтурасухъе хъвалеб къагӏида Дагъистаналда байбихьизе кколаан 2011 соналдаго. Гьелда рекъон хӏалтӏизе кколаан республикаялъул киналго медучреждениял ва медхӏалтӏухъаби. Гьелъие шартӏалги чӏезарун руго. Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ тӏоритӏула гьеб хӏалтӏи гӏуцӏизе малъулел семинаралги. Гьелъие кумек гьабула цоги регионаздаса ахӏарал специалистазги. Гьел курсазда ругьун гьавуна 150-ялдаса цӏикӏкӏун регистратор ва администратор.\nИсана соналъул октябрь моцӏалда жаниб республикаялда, электронияб къагӏидаялдаса пайда босун буго 739 чияс. 2011 соналдаса нахъе рикӏкӏани, гьеб къадар 75 азарго чиясде бахуна.\nЖакъа гьеб къагӏидаялде рачӏиналъе республикаялъул киналго медучреждениязда шартӏал гӏуцӏун руго. Масала, исана Махӏачхъалаялъул № 1 поликлиникаялда электронияб къагӏидаялда хъулухъ гьабун буго 721 чиясе. Кинабго бараб буго жалго гӏадамазда, гьезул жигаралда. Медицинаялъул учреждениязда гьеб къагӏида гӏуцӏиялъе хасал алаталги хӏажалъуларо. АРМ-компьютер цолъизабула регионалияб системаялда ва специалистас хӏалтӏизабула электронияб регистратура. Гьенибе гӏарза бачӏарабго гьеб системаялъ хӏадурула унтарасе тохтурасухъе ине талон. Системаялда жаниб цӏунараб электронияб картаялда рукӏуна унтарасул киналго анализал, диагнозал, цереккун хӏалтӏизарурал дараби, гьев сахгьавиялъул хӏасил. Гьединлъидал, Россиялъул кинаб больницаялде аниги, цӏидасан анализал гьаризе кколаро. Къокъго абуни, тохтурасда цебе букӏуна унтарасул тӏубараб медицинаялъулаб сурат. Жакъа хӏалтӏизабулеб медицинаялъулаб кагътил карточкаялъе къо-лъикӏ гьабизе хутӏун буго цо-кӏиго сон.\nКамуларо медучреждениял техникаялдалъун хьезаричӏолъи, информациялъулал системабазде нух къан букӏин, бухьеналъул каналал хӏалтӏуларого рукӏин, специалистал гьечӏолъи гӏадал квалквалалги. Гьединал гӏунгутӏаби лъугӏизариялда тӏад ниж хӏалтӏулел руго ва хьул буго къокъаб заманалда жаниб тохтурасухъе хъвалеб цӏияб къагӏида киналго медучреждениязда лъикӏ хӏалтӏилин, дагъистаниязги гьеб жигараялда къабул гьабилин абураб.\nГосуслугаялъул порталалъул кумекалдалъун рокъосанго тӏуразе бегьулел къваригӏелал: тохтурасухъе инелъун хъвай-хъвагӏай гьаби, тохтур рокъове ахӏи, медицинаялъул кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ баян, унтарав хадуб вухьинабураб медучреждениялъул хӏакъалъулъ баян, гьарурал медицинаялъул хъулухъазул хӏакъалъулъ баян ва гьезул багьа, ОМСалъул полисалъул ва страховияб медицинаялъул организациялъул хӏакъалъулъ баян.\nБихьулеб буго республикаялъул гӏемерисел больницабазда ва поликлиникабазда гьеб тадбир рагӏалде бахъинабиялъул мурадалда хӏалтӏи гьабулеб букӏин. Амма гьеб къагӏидаялде байбихьизе нухмалъулезул таваккал гӏоларогоги буго. Гьедин бугониги, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул тӏалабалда рекъон, республикаялъул шагьаразул ва райцентразул поликлиникабазда гьеб хъулухъ хӏалтӏизе ккола 2019 соналъул авалалдаса байбихьун.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3318-kartoshkagun-khiangi-gangun-chedgi-nil-ergo-l-iki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3318-kartoshkagun-khiangi-gangun-chedgi-nil-ergo-l-iki", "title": "Картошкагун хӏанги гьангун чедги нилъерго лъикӏ", "date": "2018-11-26 00:00:00", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Махӏачхъалаялда тӏобитӏана «Дагъистаналъул меседилаб хасалихълъи — 2018» форум\n«Гьудуллъиялъул рокъоб» тӏобитӏана республикаялъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул, гӏи-боцӏухъабазул, хурухъабазул ва экономикаялъул кӏвар бугеб гьеб бутӏаялъул специалистазул данделъи. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер А. Здуновасги. Гьениб щибаб магӏишатияб бутӏаялъул вакилзабаз рихьизаруна жидерго къайиги нигӏматалги. Жакъа газет-журналазул гьурмаздасанги телевидениялдасанги, кӏалъазе яхъарай Сугъралъа доярка Зайнаб Гӏабдулаевалъ абухъе, фермабазда, ахикь, хурир хӏалтӏулел гӏадамазул захӏматалъул хӏакъалъулъ цӏакъ дагь гурони хъвалеб, бицунеб ва рагӏулеб гьечӏолъи – гьебги батила ичӏнусиялдасаги цӏикӏкӏун чи гӏодов чӏолеб зал цӏун букӏиналъе гӏиллаги.\nАмма Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместитель-росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас церехъабазул цӏарал рехседал, гӏенеккараз гьеб ритӏухъ гьабун хъатги чӏвана. Гьезда гьоркьоре ккола овощал гӏезариялда бергьенлъи босарав, 500-600 азарго тонна къватӏисел пачалихъаздецин битӏарав Дербент районалдаса КФХялъул нухмалъулев Аледин Абакаров, Гӏахъуша районалъул «Гӏалиханский» СПКялъул вехь Ахӏмад Куниев, щибаб лемагалда хадуб кьегӏер цӏунарал ва квас къунцӏиялда чӏел босарал гӏухьби: Лъаратӏаса Гӏабдулжалил Гӏабдулкъадиров, Гумбеталдаса Муртуз Исламбиев, Хунзахъа Мухӏамад Гӏубайдулаев, Кулиялдаса Хӏажикъурбан Ахӏмадов, Хасавюрталдаса гӏанкӏаби гӏезарулей Аминат Жамбулатова, Хелекьуриса ва Сугъралъа дояркаби Райгьанат Мухӏамадова, Зайнаб Гӏабдулаева ва гӏемерал цогидалги.\nКин бугониги, хӏалтӏулев чиясул къимат республикаялда гӏодобеккун гьечӏо. Ккезеги кинха телеб исана росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезариялъулъ Дагъистаналъе чӏахӏиял бергьенлъаби щведал.\nЖакъа росабалъ гӏумру гьабулеб буго дагъистаниязул 55 проценталъ. Республикаялда гӏезабулеб гӏаммаб регионалияб продукталъул щуго бутӏа гьабун цо бутӏа ккола росдал магӏишаталъул. Захӏматалъул гьеб бутӏаялда хӏалтӏул ригьалде рахарал гӏадамазул буго 30 процент ва магӏишатиял аслиял фондазул 12 процент.\nАртем Здуновас бицухъе, Дагъистаналъул агропромышленнияб комплексалъул кӏвар Россиялда тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго. Нилъер республикаялъул гӏи-боцӏухъанлъиялъул, бахчабазда гӏезарулел нигӏматазул рахъалъ, хӏатта къватӏисел пачалихъазде унеб гьанаде гӏунтӏунги, гӏезабулеб цӏолбоде щунги лъикӏал хӏасилал руго. Гьединал, лъикӏаб рахъалде хиса-басиял рукӏиналъе кьучӏлъун букӏана пачалихъалъ фермеразе ва цогидазе гӏарцудалъун гьабулеб кумекги. Исана 9 моцӏида жаниб агропромышленнияб комплекс цебетӏеялъе биччан букӏана 2102,1 млн гъуруш: федералияб бюджеталдаса — 1921,0 млн гъуруш. Исана гьал рехсарал магӏишатазда гӏезабураб регионалияб продукциялъул багьа бахунеб буго 76,9 млрд гъуршиде, ай гъоркьиса букӏаралде дандеккун 102,1 проценталъ цӏикӏкӏун.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас бихьизабуна гӏи-боцӏухъанлъиялда гӏумруялде рахъинарулел ругел проектазул цоялъул хӏасилалда Россиялъ къватӏисел пачалихъазде бичулеб гьанал 10,9 процент кколин нилъер гӏиял гьан. Гьаб соналъул арал моцӏазда Ираналде бичун буго 3300 тонна гӏиял гьанал. Дагьал къояз цебе Москваялда, «Меседилаб хаслихълъи — 2018» выставкаялда, Дагъистаналъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул къайимлъиялде кколел магӏишатаз къватӏисел пачалихъазулгун гьезие тӏадеялъул 800 тонна гӏиял гьанал бичизе къотӏи-къай гьабуна. Гьеб выставкаялда Дагъистаналъул гӏияхъаби мустахӏикълъана 53 медалалъе, гьезда гьоркьоса 38-яб ккола меседил.\nЖакъа аслияб масъалалъун министрас бихьизабуна республикаялъул росдал магӏишаталде инвестициял рачӏинари. Гьеб рахъалъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда бизнесчи Игорь Гӏисаевас загьир гьабуна Дагъистаналда чӏегӏербоцӏи хьихьулеб комплекс базе бокьун бугилан. Гьеб мурадалда бизнесменас харж гьабизе буго 500 млн гъуруш гӏарац. Гьединго бизнесчи Мухтар Давудовас хӏукму гьабун буго 250 млн гъуруш багьа бугеб боцӏи хъолеб комплекс базеги.\nМинистерствоялъул букӏинеселде лъезе ругел галабазда гьоркьор руго Хасавюрт районалда «Теречный» ГУПалъул магӏишаталъул кьучӏалда тайпа лъикӏ гьабулеб ва хьон кьолеб центр гӏуцӏизе. Гьелдаго цадахъ хӏалтӏи гьабулеб буго Дагъистаналъул ипподром цӏигьабизе ва ахалтекин тайпаялъул чуял гӏезаризе. Дагъистаналда гӏезарурал гьеб тайпаялъул чуял дунялалъул къецазда 12 нухалда рахъана чемпионаллъун.\nЦеречӏарал масъалабазул цояблъун форумалда бихьизабуна росдал магӏишаталъул техника цӏигьабизе ккей ва гьелъие тӏадеялъул республикаялъул бюджеталдаса 100 млн гъуруш лизингалде биччай. Гьелде тӏадеги, жакъа республикаялъул магӏишатазда ругел 20,7 азарго тонна росдал магӏишаталъул нигӏматал цӏунулел складал гӏоларого рукӏинги хӏисабалде босун, цӏиял агрологистикаялъул бакӏал разеги руго.\nМинистерствоялъ пикру буссинабулеб суал буго росдал магӏишаталъул продукциялъул бакӏалдаго гьабулеб къайи цӏикӏкӏинабиялде. Щайгурелъул гьединаб къайиялъул къадар республикаялда жакъа дагьго гурони гьечӏо: масала, гьанал — 12,1 процент, рахьдал — 12,5 процент, бахчабазул культурабазул – цо процент.\nФорумалда кӏалъана росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъаби гурелги гьелъул специалисталги. Бицаралъул хӏасилалда форумалъул гӏахьалчагӏаз хӏукму гьабуна республикаялъул росдал магӏишаталъул захӏматчагӏаздехун хитӏаб гьабизе. Гьединго хӏалтӏул церехъабазе кьуна хӏукуматалъул ва министерствоялъул рахъалдасан сайгъаталги.\nКиназего рекӏее гӏураб цӏияб хабарлъун данделъиялда букӏана росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏ. Гӏабдулмуслимов хӏукуматалъул председателасул заместительлъун тӏамиги. Гьев вуго Тимирязевасул академия лъугӏун хадуб колхозалъул магӏишаталда зоотехникасул хъулухъалдаса байбихьун, жиндирго лъаялдалъун ва бажариялдалъун гьеб кӏудияб даражаялде вахарав инсан.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "3320-kib-bugeb-mun-ritiukh-l-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3320-kib-bugeb-mun-ritiukh-l-i", "title": "Киб бугеб мун, ритӏухълъи?", "date": "2018-12-03 00:00:00", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "СМИязул алатаз гӏемер бицунеб буго 22 ноябралда Махӏачхъала шагьаралъул №1 роддомалда, тохтурзабазул гӏайибалдалъун, гьабураб лъимер хвеялъул хӏакъалъулъ\nГьелъул гӏайиб гӏунтӏизабулеб буго роддомалъул бетӏерай тохтуралде. Социалиял гьиназда гьадин хъвалеб буго: «Махӏачхъала шагьаралъул №1 роддомалда ккана иргадулаб балагьаб лъугьа-бахъин. Гьение ячӏарай лъимаде йигей гӏаданалъул букӏана цӏикӏкӏараб бидул тӏадецуй, лъимаде йигей гьелъул беццаб бакьалъе гьабун букӏана операцияги. 21 ноябралъул къаси унти чӏвазе байбихьана. 22 ноябралъул къалъудаса хадуб тохтурзабаз хӏукму гьабуна, нахъбахъун течӏого, операция гьабизе, щайгурелъул бихьулеб букӏана кӏиго нухалъ лъимадул габур сверун цӏину жемун ва гьелъие гьава гӏоларого букӏин. Гьей гӏадан операциялъулаб залалде ячана, наркоз кьуна ва къотӏизе кколеб бакӏалда гӏужцин гьабуна. Операция гьабизе хӏадурун рукӏана. Циндаго жание кӏанцӏун ячӏана отпускалда йигей больницаялъул бетӏерай тохтур ва операциялъулаб зал эркен гьабеян лъазабуна. Роддомалъул хӏалтӏухъабаз абулеб буго унтаралъ тохтуралъе цебеккунго гӏарац кьун букӏун бугилан. «Биччанте гьелъ лъимер жинцаго гьабизейинги» абун, тохтуралъ операция гьабизе хӏадурарай гӏадан нахъе къотӏана. Родблокалъул заведующиялъ нугӏлъи гьабуна лъимадул ракӏ кьабулеб букӏиналъе. Цин сагӏаталъ чӏезе ккана цебеккунго гьабураб уколалъул асар инегӏан. Хадуб, цӏакъ захӏматго, ункъо кило цӏайи бугев вас гьавуна. Тӏоцебе гьабураб лъимер хвеялъ гӏолохъанай гӏаданалъул рекӏеда гъваридаб ругъун лъуна. Гьелда лъимадул гьаракь рагӏичӏо, гьеб каранде къачӏо, гьеб гьелда бихьизецин бихьичӏо. Дунялалде вачӏиналдего гьев чӏвана тохтурзабаз. Гьезда лъалаан гьедин ккелеблъи, лъалаан лъимаца кумек гьарулеб бугеблъи ва гьеб гьесие хӏажат букӏин. Лъимер гьабуна къаси анлъгоялда, анкьго тӏубайдал гурони, гьеб хвеялъул хӏакъалъулъ лъазабичӏо. Щай? Операциялъул киналго гӏахьалчагӏазда бичӏчӏана жидедаго гӏайиб ккараблъи, гьел хӏинкъана ва больницаялдаса нахъе ине гӏедегӏана. Малъкъосун хутӏана тӏолабго больница, гьединаб гӏунгутӏи кин биччазе бегьулебин, чӏужугӏаданалъ чӏужугӏаданалда аскӏоб гьединаб нахъегӏанлъи кин гьабизе бегьулебан абулеб букӏана тохтурзабаз».\nГьаб лъугьа-бахъиналъул хӏакъикъат лъазабизелъун ниж щвана ДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствоялъул пресс-хъулухъалде. Пресс-секретарь Залина Акмадовалъ абуна, Махӏачхъала шагьаралъул № I роддомалда гьабураб лъимер хвеялда бан, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствалъ цӏех-рех гьабулеб бугилан. « Гӏуцӏун буго хасаб комиссия, специалистаз цӏех-рех гьабулеб буго тохтурзабаз гъалатӏ биччан бугищали. Лъимер хвеялъе ккараб гӏилла чӏезабизе буго судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъ. Гьелъул хӏасилалда, гӏайиб ккарал чагӏи тамихӏалдеги цӏазе руго», — ян бицана гьелъ.\nДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствалъул руччабазе ва лъималазе медицинаялъул кумек гьабиялъул рахъалъ отделалъул начальник Раиса Шахсановалъ тӏубараб хӏакъикъат лъачӏого тохтурзабаздаги бетӏерай тохтуралдаги гӏайибчӏвазе бегьуларин рикӏкӏунеб буго. Жидер министерствоялъул хасаб комиссиялъги судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъги тӏоритӏулел ругел цӏех-рехазул хӏасилазде балагьун кьезе кколин гьеб лъугьа-бахъиналъе битӏараб къиматилан абуна гьелъ.\nРитӏухълъи чӏезабиялъе цогидаб рахъалъухъги гӏенеккизе кколелъул, ниж щвана Махӏачхъала шагьаралъул № 1 роддомалдеги. Гьелъул бетӏерай тохтур ( медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур) Земфира Хӏажиевалъ бицана, тӏоцее гьаб хъулухъалде лъугьиндал жинда больница батанин коррупциялъулъ къан. «Гьелде дица нухал къай гӏемерисел тохтурзабазе дандеккечӏо. Гьезул цояз дие квешезе гьабураб лъимер хвеялъул пашманаб лъугьа-бахъиналъе гӏайибияйлъун дун йихьизаюн йиго, журналистазги гьеб гьереси понцӏозабулеб буго. Лъабго сон буго дир гьаб хъулухъалда. Больницаялда гьабулеб кинабго хӏалтӏи дирго берда цебе букӏиналъул мурадалда лъун буго 40 видеокамераги.\nБольницаялде ячӏарай гӏаданалъул халгьабулаго эбелалъул чохьониб бугеб лъимадул ракӏ кьабизе байбихьидал, дица лъазабуна хехго операцияги гьабун, лъимер хвасар гьабизе кколин. Операциялъул зал чӏобого букӏана, столалда тӏад гьей лъедал, лъимадул рекӏел хӏалтӏи ва эбелалде унти бачӏиналъул иш рукӏалиде бачӏана. Хадуб тохтурзабазул консилиумалъ хӏукму гьабуна операция гьабичӏого тани лъикӏ букӏинилан. Операциялдаса хадур захӏмалъаби камуларо, лъимада рецӏцӏ рекӏине, гьелъул микробал бидулъе ккезе бегьула, щайгурелъул гьелдаса цебе гьей гӏаданалъе рецӏцӏ ккураб беццаб бакьалъе операция гьабун букӏиндал, гьеб гуребги, гьелъул буго кванирукъалъул унтиги (гастрит) унтарал ургьисалабиги.\nМониторалдасан гьей гӏаданалда хадуб халкквезе тун йикӏана медсестра. Эбелалъеги ургьиб бугеб лъимадуеги мадар лъугьун букӏинги бихьун, хӏукму гьабуна лъимер гьабизе гьей жийго йичазе. Сагӏат ункъоялда дун больницаялдаса ана, анлъгоялда гьелъ лъимер гьабун буго. Гьабураб лъимадул ракӏ цӏакъ хьадарго, рагӏулеб-рагӏулареб хӏалалъ хӏалтӏулеб букӏана, кигӏан хӏаракаб бахъаниги, гьеб чӏаголъизелъун гьарурал тадбиразул хӏасил ккечӏо, лъимер хвана.\nДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствоялдаса бачӏараб хасаб комиссиялъ минутал-секундал ккун видеозаписалдасан халгьабуна больницаялде ячӏаралдаса лъимер гьабизегӏан гьей гӏаданалда хадуб гьабураб хъулухъалъухъ. Комиссиялъул чагӏаз абуна: «Кинабго битӏун гьабун буго, лъимер хвеялъул гӏайиб нужеда гьечӏо», — ян.\nМинистерствоялъул комиссиялъги, судалъулгун медицинаялъул экпертизаялъги, гьарулел ругел цӏех-рехазул хӏасилазги хвараб лъимадул ургьире раккиялъги бицина лъимер хвеялъе нижеда гӏайиб гьечӏолъи.\nИнформациялъул алатаздасан диде гьабулеб гӏайиб мекъаб буго. Лъалезги лъаларезги телефоналдасан кьолел суалазги дир рахӏатхвезабун буго. Гьеб киналъго квешаб асар гьабулеб буго нижер коллективалъул хӏалтӏуего. Гьединлъидал дица, дун гьерсаздасаги бугьтаналдасаги цӏунеян абун, прокуратураялде гӏарза хъвана», — ян бицана бетӏерай тохтур Земфира Хӏажиевалъ.\nЦӏех-рехалъ гьаб лъугьа-бахъиналъе ритӏухъаб къимат кьелин абураб хьул буго нижер. Гьелда сверухъ хӏалуцарал бахӏсал унел руго социалиял гьиназдасанги. Щуазаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс къимат кьолеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъе. Абизе ккола тохтуралъул рахъ кколел цӏакъ дагь гурони гьечӏинги. Хасгьабун гьей тохтуралъе квешаб къимат кьолеб буго гьеб больницаялде ккарал улбуз. Битӏараб-гьереси якъинлъила заманалдаса, амма тӏекъал ишал рихьидал, нилъ руцӏцӏун чӏолел ругони, нилъер гӏумруялъулъ ритӏухъал ишал дагьлъизе руго къо бахъанагӏан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3321-ummat-tsol-izaburav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3321-ummat-tsol-izaburav", "title": "Уммат цолъизабурав", "date": "2018-12-03 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Бо гӏуцӏулевги – цо чи, бо биххулевги – цо чи»\nХӏабиб Нурмухӏамадовасул хӏакъалъулъ гӏемер бицуна дунялалъулго информациялъулал алатаз. Гьев ккола Россиялъул тарихалда жаниб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ тӏоцебе чемпионасул рачел босарав чи. Лъималазги гьесдаса мисал босизе, гьесда релълъараллъун рукӏине хӏаракат бахъула, хӏакимзабазги гьев жидедаго аскӏове цӏала. Хӏатта гьес тӏад лъун букӏараб, гьелдаса хадуб гӏолилазда гьоркьоб ссиялде бачӏараб гъалараб тӏогъролгицин багьа бахана 2500-3000 гъуршиде. Гьанже гьесул сурат тӏад бахъараб ретӏелцин букъулеб буго.\nХӏабиб гьавуна Цӏумада районалъул Силди росулъ, 1988 соналъул 20 сентябралда. Макгрегорилгун дандчӏвай гьабизегӏанги Хӏабиб вукӏана гьитӏинаб къоялдаса нахъе речӏчӏухъанлъиялъул болъо-къоноялда, мегӏели гьоркьоб течӏого, цевехун унев чи. Гьаб ахирисеб къецалда гьев бергьинги букӏана ракӏчӏараб хӏужа.\nХӏабиб жиндирго гьунаргун, батӏи-батӏиял мацӏазда кӏалъазе бугеб махщелгун, жиндехунго гӏадамазул рокьи бижизабизе бажаригун ваккана Россиялъеги Дагъистаналъеги гьединав бахӏарчи хӏажат вугеб, киналго гьединав багьадурасухъ ралагьун чӏун ругеб заманалда. Гьев нилъер ракьцояв ватиялдаса, узухъда, нилъее дагьабги цӏикӏкӏун рохизе рес щвана. Амма нилъ цогидаздаса ратӏарахъизе магӏнаялда гуро гьеб абулеб бугеб. Щайгурелъул ХӀX гӏасруялда немцазул анатом, антрополог Иоганн Фридрих Блюменбахил гӏелмуялда рекъон нилъ, магӏарулалги жанире рачунеб Кавказалъул сипат кколеб буго Европаялъул расаялъул бацӏцӏадаб тӏеллъун. Гьединаб къавмалъул вакил хӏисабалда, гьаб заманалда нилъер гӏумруялъ Хӏабиб вихьизави, гьев нилъер кьеразулъан вахъин буго тарихияб хӏужалъун рикӏкӏине кколеб далил.\nЖакъа къанагӏатабцин пачалихъ гьечӏо Хӏабибил гьунаралъул хӏакъалъулъ бицунареб, гьесдехун лъикӏаб пикру загьир гьабулареб. Хасго гьелде кӏвар буссинабулеб буго бакъбаккул, бусурбабазул улкабаз. Турциялъул президент Эрдогъаница гьесда дандчӏвай гьабуна. Дунялалъулго бусурбаби цолъун руго гьеб гьунаралъул кьучӏалда. Гьединго Белоруссиялъул президент А. Лукашенкоца В. Путинида баркана Хӏабибица дандиясда тӏад босараб\nракӏчӏараб бергьенлъи.\nХӏабибица дагьал церегӏан къояз Африкаялде гьабураб сапаралъги бихьизабулеб буго гьезул къавмалцин гьесдаса чӏухӏун рукӏин. Гьеб кколарищ Дагъистан ва тӏолабго Россия гьесул бергьенлъиялдаса рохиялъе гӏилла! Дагъистаналъул тарихалда гӏемерал рукӏана нилъер гӏолохъабаз Олимпиадаялдаги дунялалъулго къецаздаги\nгьайбатал бергьенлъаби росиялъул хӏужаби. Нилъеда киданиги кӏочон толаро Гӏали Гӏалиевасул, Гӏабдулбег Загъаловасул, Мавлет Батировасул, Хӏайдарбег Хӏайдарбеговасул ва цогидалги спортсменазул цӏарал, гьезул гьунарал. Амма Хӏабиб ккана гӏицӏго спорталъулги политикаялъулги вакилзабазул гуреб, бусурбабазул цивилизациялъул бергьенлъиялъул къебедлъун.\nГьесул хьвада-чӏвадиялъулъ якъинго бихьулеб буго гьев гӏицӏго речӏчӏухъан гуревги, хъизан, тухум, жиндирго ватӏан бокьулев инсан вукӏин. Гьелъ гьесие рес кьолеб буго гьезул къадру-къимат цӏунун, гьездехун жиндирго рокьи загьир гьабун кӏалъазе, чӏорогоял гӏадамазул гӏантал бугьтаназдаса гьел цӏунизе.\nЖакъа Россиялдаги цо-цо гӏадамазул Кавказалдехун, Дагъистаналдехун бугеб бербалагьиялъухъ балагьани, гьеб роцӏа-раблъун гьечӏо. Гьеб буго политикияб рахъ. Абизе бегьилаан, гьеб Хӏабибие хӏажатаб жоги гурин, гьев жиндирго спорталъул чӏаголъиялда тӏад хӏалтӏулев вукӏайилан. Спортсменал политикиял суалазде гьоркьоре лъугьиналъул мисалал цӏакъго къанагӏатал ругелъулха. Гьедин бугониги, гӏадаталдаса борчӏараб жо гьабиларин, жиндирго напсги къадруги цӏунун, гьеб дир иш гурилан чӏолев гьечӏо Хӏабиб. Гьес цӏунулеб буго Россия, Дагъистан, жинца гьабулеб дин, тухумалъул, хъизамалъул ва эбел-инсул къадру. Гьесул гьунаралъ Дагъистаналда сверухъ ракӏарун рукӏарал кьерхарал накӏкӏал нахъе рачахъун, гьелъул гьумер гвангъизабулеб буго. Жиндир щибаб гали Хӏабибица лъолеб буго ургъун, гӏедегӏинчӏого. Гьединлъидал киназго хӏаракат бахъулеб буго гьесул лъикӏаб хасияталдаса битӏараб пайда босизе. Россиялъул президент В. Путиница Дагъистаналдехун ва нилъер халкъаздехун бугеб рокьи цоги нухалъ бихьизабуна Хӏабибилгун ва гьесул эмен Гӏабдулманапилгун гьабураб данд-\nчӏваялъул мисалалдалъунги.\nКиназдаго лъала, нилъер республикаялъул бетӏер В. Васильевасулгун букӏараб дандчӏваялда гьес Хӏабибида жиндир гӏакълучилъун чӏайилан абураблъи. Хӏабибица кьураб жавабги балъголъи гуро – гьес абуна жив ургъилин. Киналго дагъистанияз гьабизе букӏарабдай гьедин? Дида ккола гӏемерисел, нахъбахъун течӏого, гьенирго разилъилаанин. Гьелъги бихьизабулеб буго Хӏабибил гӏаданлъи, рухӏияб бечелъи, чорхолъ хъантӏи гьечӏолъи ва гьесие эбел-инсулги росдал жамагӏаталъулги лъикӏаб тарбия щун букӏин.\nСоциалиял гьиназухъ халгьабидалги бихьулеб буго гьениб дагъистаниясдехун, динияб рахъалде балагьичӏого, гьесдехун ва гьесул умматалдехун рокьи загьир гьабулеб букӏин. Пуланав Николай Тепляковас хъвалеб буго:\n«Хӏабибица Макгрегорида тӏад бергьенлъи босаралдаса нахъе дица Дагъистаналъул тарих цӏализе байбихьана ва дир цебе гьеб республикаялдехун букӏараб бербалагьи кьучӏдасанго лъикӏаб рахъалдехун хисана. Дун гӏурусав вуго, амма дида лъана Шамил-имам, гьесул муридал щал чагӏи кколел рукӏаралали. Дица диего рагьана дунялалъул цо бутӏа — Дагъистан, гьелъул тӏабигӏат, берцинал, къуватал, лъикӏал гӏадамал. Биччанте гьезда гьоркьоб кидаго рекъел букӏине», — ян. Жакъа гьеб буго цӏакъ кӏвар бугеб пикру ва къимат. Щайгурелъул бичӏчӏизе захӏматаб жо буго Хӏабибилги Макгрегорилги къец байбихьилалде цебе, цо-цо блогеразул пикруялда рекъон, Ирландиялъул вакиласул гӏезегӏанго россиялъулазги рахъкколеб букӏин. Гьелъ бихьизабулеб буго цо улкаялъул халкъазул цоцалъ гьечӏеб гъунки, цолъи. Гьединаб ахӏвал-хӏал хисизабизе ккани, нилъеца батӏи-батӏиял халкъазда гьоркьоб гьабизе ккезе буго гӏемераб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи. Щайгурелъул, Хӏ. Нурмухӏамадовасдехун цо-цо нилъер ватӏанцоязул гьечӏеб рокьи – гьеб гӏицӏго гьесдехун жакъа бижараб гуро – гьединабго бербалагьи гьезул букӏана Россиялъул спортсменал Федор Емельяненкодехунги, Александр Шлеменкодехунги, цогидаздехунги.\n«Хӏабиб» абун гӏараб мацӏалдаса бачӏараб рагӏиялъул магӏна буго «хирияв», «вокьулев» абураб. Гьев киназего вокьана, гьединаб буго гьесул пиша, гӏамал-хасият, тӏабигӏат. Гьединлъидал гӏажаиблъи гьа-бизе ккараб жо гуро гьесие нилъер рес-\nпубликаялъул жамгӏияб рахъалъ бищунго тӏадегӏанаблъун кколеб «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» абураб цӏар кьейги. Щайгурелъул гьев нилъер умматалъул бо гӏуцӏаразул цояв кколелъул.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "3322-untaral-raziyab-kh-ulukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3322-untaral-raziyab-kh-ulukh", "title": "Унтарал разияб хъулухъ", "date": "2018-12-03 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Республикаялда урологиялъул центр гӏуцӏаралдаса 25 сон ана\n— Унтидал гурони, чиясда сахлъиялъул къимат лъаларин абула. Амма унтудаса хадуб сахлъи тӏадбуссиналъул рохалиде данде кколеб жо букӏунебго батиларо, — ян абуна, республикаялъул урологиялъул централъул кавудахъ дандчӏварав Къакъашураса Атаев Анварица.\nУргьисалабазда ккарал ганчӏаз гӏезегӏан гӏазаб-гӏакъуба кьурав Анвар, гьеб централда сахги гьавун, рокъове унев вугоан. Бицана гьес щибго жинда унти лъачӏого, цӏиял технологиязда рекъон, гьабураб операциялъулги, унтараздехун тохтурзабазул бугеб ракӏунтараб бербалагьиялъулги, гьениб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъулги, щибаб ригьалда кьолеб тӏагӏамаб квен-тӏехалъулги хӏакъалъулъ. Цӏакъ рази вугоан гьев урологиялъул централда унтаразул гьабулеб тӏалаб-агъазалдасаги.\nНиж гьенире унел рукӏана гьал къоязда жиб гӏуцӏаралдаса 25 сон тӏубалеб урологиялъул централъул, заманалъухъ балагьун гӏемерго кӏудияб гьечӏониги, тарих лъазабизе, гьел соназда гьенир ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ централъул бетӏерав тохтур, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур Хӏажиев Дибирилгун гара-чӏвари гьабизе.\nДибирги данделъиялда ватун, гьев лъугӏизегӏан унтаразулгун гара-чӏварун хутӏана ниж.\n— Дир бащдаб гӏумру больницабазда анин абизе бегьула, — ян бицана Чӏикӏаса Гӏабдулаца. – Анлъго нухалъ гьаруна батӏи-батӏиял операциялги. Гӏемерисел больницабазда дицаго росизе кколаан дарабиги къваригӏараб-тарабги. Гьаниб кинабго дару-сабабги чӏобого гьабулеб буго, унтараздехун тохтурзабазул бербалагьиги лъималаздехун эбел-инсул гӏадаб буго.\n— Нижер, чачаназул, аби буго, эмен лъикӏалъуб лъималги лъикӏал лъугьунилан, — ин абуна Гудермесалдаса Идиев Вахаца. – Цо къоялъ жанахӏалъув дандчӏвайдал, бетӏерав тохтурасда дица абуна духъе къваригӏел бугин, дун къабул гьавизе кида мун регӏилевилан. Мун дидаса кӏудияв вихьулин, дунго духъе палатаялде вачӏинин абуна Дибир Пазлуевичас. Вачӏана гьев бащдаб сагӏатгӏанасеб заманалдасан ва, дир ракӏ гӏодобе биччазабун, ургъел бигьа гьабуна бетӏерав тохтурас. Киналго унтараздехунги гьединабго адаб-хӏурматгун балагьулев вугоан гьев.\n— Чанго сон букӏана дир, захӏматаб унтиги хӏехьон. Чанго больницаялде ккана, амма лъугьунеб мадар букӏинчӏо. Гьаниб, бачӏинахъего битӏараб диагнозги лъун, гьабуна операция. Метер рокъове виччазе вугин абуна тохтурас. Дун гӏадин рази гьареги Аллагьас, цӏидасан гӏумруялде дилъ божилъи бижизабурал гьанир ругел тохтурзаби, — илан тӏаде жубана Буйнакскалда гӏумру гьабулев Цӏумада районалдаса Мухӏамадов Сайгидхӏусеницаги.\nГьедин, унтаралгун ниж гара-чӏварулаго, данделъиги лъугӏун, тӏаде вачӏана бетӏерав тохтур. Централъул юбилей Дибирида баркиялдаса байбихьана гьесул кабинеталда нижер гара-чӏвари.\n— Баркала. Киданиги больница бихьизе кколареб сахлъи кьеги нужееги, нуж рокьаразеги, нужее рокьаразеги, — ян гьара-рахьи гьабуна Дибирицаги.\n— Дибир, мун вуго гьаб центр рагьараб къоялдаса нахъе гьанив хӏалтӏулев. Бокьилаан центр гӏуцӏиялъе рукӏарал гӏиллабазулги жакъа къоялде щвезегӏан нахъа тараб нухалъулги хӏакъалъулъ бицине.\n— Республикаялъул урологиялъул центр гӏуцӏана 1993 соналъул хасалихъе, доб мехалда Дагъистаналъул сахлъицӏуниялъул министрлъун вукӏарав Ибрагьимов Ибрагьимил хӏукмуялдалъун. Гӏиллаги гьелъие букӏана, киса-кибего гӏадин, Дагъистаналдаги ургьисалабаздаги кӏварщул мухъаздаги ганчӏал лъугьарал ва гьединалго урологиялъулал унтаби ругел гӏадамал гӏемерлъулел рукӏин.\nГьеб заманалда центр гӏуцӏаниги, хадусеб соналъул ихдал гурони гӏадамал къабул гьарун бажарулеб хӏал букӏинчӏо. Гьаб букӏана поликлиникаялъе бараб мина. Операциязеги рентгеналъеги, цогидал унтаразе хӏажалъулел кабинетазеги цӏидасан кьачӏазе ккана рукъзалги гьединго унтарал регизе палатабиги. Гьелдаса хадуб лъуна доб заманалъул ресазда рекъараб медицинаялъул къайи-цӏаги. Гьеб гуребги, доб хаселги букӏана цӏакъ гӏазуги гӏемераб, квачараб. Рокъоса, Редукторазул поселокалдаса, транспорт хьвадулеб букӏинчӏолъиялъ, гӏемерисеб мехалъ лъелго вачӏунаан дун.\n— Байбихьудасагойищ мун бетӏерав тохтурлъун вукӏарав?\n— Байбихьуда дун отделениялъул заведующийлъун вукӏана. 1995 соналъул ноябралда Ибрагьимица дун жиндихъего ахӏана. Абуна урологиялъул централъул бетӏерав тохтурасул хӏалтӏи тӏаде босизе кколин дуцаян. Цӏар гурони, бицинегӏанасеб сурсат букӏинчӏо гьаниб больницаялъул. Тӏоцебесеб тӏалаялда лъим букӏана жанир къуркъби лъедолеб. Ганчӏалги лъун, гьезда тӏасан\nхьвадизе кколаан гӏадамал. Букӏинчӏо жанибе лъугьунеб бакӏалда сах-саламатаб нуцӏагицин. Доб заманги нилъедаго лъаларищха кинаб букӏарабали. Къаси-къаси рачӏун, кина-киналги гӏоркьилаз гъалмагъирал гьа-рулаан, кьвагьдолаан. Гьел кквезе рахараб-къараб каву букӏинчӏелъулха гьаниб. Гьеб кинабго рукӏалиде бачине пачалихъалъ биччалеб гӏарацги букӏинчӏо доб мехалда. Дирго гӏагарлъиялъ, гьудул-гьалмагъзабаз, лъалел-хъвалез, бажарарас бажарараб кумек гьабун, кколелъур маххул нуцӏби лъун, цогидал хӏалтӏабиги гьарун, дагь-дагьккун бачине кӏвана гьаб жакъа нилъеда бихьулеб хӏалалде урологиялъул централъул мина.\nГьеб гуребги, цоги дару-сабабалъулни бицинарин, унтарасул ругъун бухьине катанги гьелда релълъанщинабги гӏолеб букӏинчӏо. Гьел киналго захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицун, хадув вачӏарав сахлъицӏуниялъул министр Мамаев Илясихъе ана дун. Гьес бакӏал раялъул отделалъул начальник витӏун вачӏана киналъухъго халгьабизе. Гьезул хӏалтӏухъабаз киса-кирего хӏалтӏабиги гьа-руна. Гьез кколеб куцалъ къачӏана къабул гьарулеб рукъ, реанимациялъулаб ва операциял гьарулеб отделениял. Министрас кьуна централъе къваригӏунеб медицинаялъулаб къайи-цӏаги. Гьедин рухӏ речӏчӏанаха урологиялъул централда.\n— Чан унтарасе бакӏ бугеб гьабсагӏат централда?\n— Байбихьуда 80 бакӏ букӏана, гьанже нусго чиясе бакӏ буго. Гьелде тӏадеги ункъо чиясе бакӏ реанимациялъулаб отделениялдаги буго.\n— Отделение чан бугеб?\n— Щуго. Урологиялъул кӏиго отделение, цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизарулеб – эндо-урологиялъулаб, рентгеналъулаб ва реанимациялъулаб.\n— Унтарал сахгьариялъе кинал ресалха ругел?\n— Гьанжесел шартӏазда рекъон, больницабаздаги цоги бокьарал бакӏазда ругездаса захӏматалги операциял гьаризе кӏола нижер гьанир. Магӏарулазда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ абила, ургьисалабаздаги цогидалги кӏварщул мухъаздаги би баккичӏого операциял гьаризе нижеца тӏоцебе байбихьана Северияб Кавказалдаго. Гьеб рахъалъ Россиялдаго тӏоцересезда гьоркьор рукӏана ниж. Гьелъул хӏасилалги лъикӏал ккана, къоялдаса къоялде тохтурзабазул махщелги камиллъана. Масала, захӏматго унтарав чи вачӏани, бачӏинахъе диагнозги лъун, кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб гьесие кумек гьабун бажарула нижехъа.\nЦоги, гьанибго абила, нилъер гӏадамал больницабазде рачӏуна, унтуца цӏакъго хӏал гьабураб мехалда. Гьединаб мехалда кумек гьабизе бигьаго букӏунаро. Нижеца хӏалтӏизе биччан буго «Сахлъи ва халатаб гӏумру» абураб программа. Гьелъул магӏна ккола унти цебеккунго лъазаби. Буго нижер гьеб программаялъе хаслъизабураб, кинабго хӏажатаб медицинаялъул къайи-цӏа жаниб бугеб машинаги. Гьебгун цадахъ уна нижер тохтурзабиги. Гьеб программаялда рекъон, гьанжелъизегӏан нижеца хӏалтӏи гьабуна Болъихъ, Хунзахъ, Шамил, Табасаран районазда. Хадубккун дагь-дагьккун тӏолабго республикаялда билълъанхъизабизе буго «Сахлъи ва халатаб гӏумру» абураб программа. Масала, тӏолабго Россиялда лъагӏалида жаниб 4 миллион лъимер гьабулел хъизамал ругин бихьизабулеб буго. Дагъистаналда гьединазул 17 азарго хъизан бугин рикӏкӏуна. Гьезие кумек гьабиги буго гьеб программаялъул мурад.\nСоветияб заманалда ругьунаб къагӏида букӏана цебеккунго унтаби тӏатинари. Доб улка биххаралдаса гьеб лъугӏана. Гьанже Куба, Финляндия, Швейцария ва цогидалги пачалихъал медицинаялъул хъулухъ гьабиялъул советияб къагӏидаялде рачӏунел руго. Гьениб гӏадамазул гьоркьохъеб ригь 77 сон буго. Россиялда бихьиназул — 65, руччабазул — 73 сон рикӏкӏуна гьоркьохъеб ригьлъун.\n— Дуца абуна гӏемерго захӏматалги операциял гьарулин централдайилан. Махщел бугел тохтурзаби кин нужеца тӏасарищулел?\n— Тохтурзаби, хӏакъикъаталдаги, нижер гьанир жидерго иш лъикӏ лъалел, махщел бугел руго. Дунги цоги чанго чиги хутӏизегӏан гӏемерисел руго гӏолохъанал. Гьел нижеца тӏасарищула гьадинаб къагӏидаялъ. Гьаниб буго Дагъмедакадемиялъул урологиялъул кафедра. Гьенир кӏиго соналъ клиникияб ординатураялда цӏалула рукӏинесел тохтурзаби. Гьезул лъаялъухъги, бажариялъухъги, махщалиде бугеб рокьиялъухъги балагьун, тӏасарищула хадурккун нижер\nгьанир хӏалтӏизе гъира бугел тохтурзаби. Гьеб кафедраялда студентазе дарсал кьола лъикӏаздаса лъикӏал урологаз: профессор Арбулиев Мухӏамадица, гьесулго вас, доцент Арбулиев Камилица, Хӏамзатов Анварица.\nНижер цӏакъ лъикӏаб бухьен буго Россиялъул урологиялъул институталъулгун. Тӏадегӏанаб технологиялъул операциял гьаризе гьенире ритӏула гьелде хӏажалъи бугел гӏадамал. Дозги нилъер чагӏи квалквал гьечӏого къабул гьарула.\n— Дагъистаналдаса гурелги, цоги бакӏаздаса рачӏунищ нужехъе сахгьаризе гӏадамал?\n— Рачӏуна, Чачан, Ингушетия ва Северияб Кавказалъул цогидалги республикабаздаса гӏадамал. Гьездасан нижер центрги, гьаниб унтаразул гьабулеб тӏалаб-агъазги лъаялъ батила, къобахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго гьедин рачӏунелги.\n— Балъго гьабизесеб жо гуро, нилъер гьаниб гӏемерисел больницабазда жалго унтараз росизе кколел руго дараби. Нужер гьаниб гьеб рахъалъ кинаб хӏал бугеб?\n— Нижер унтараз кинабгӏаги дару бичун босизе кколаро. Унтарасе хӏажалъулел дарабиги гьанир руго, щибаб ригьалъ тӏагӏамаб квенги букӏуна, рацӏцӏа-ракъалъиялда хадуб къойилаб мухӏканаб халкквейги букӏуна. Унтарал разияб хъулухъ гьаби буго нижер тӏолабго коллективалъул налъи. Ва, аммаха, нижееги жалго унтаразеги бокьухъе дунялалъулго медицинаялда цӏар рагӏараб аппаратура щвезе рес гьечӏо. Дотациялда бугеб нилъер республикаялъул гьеб босизе санагӏалъиги рекъолеб гьечӏо. ИншаАллагь, бачӏинеб батила гьединабги заман. Гьеб мехалда нилъер урологиялъул централъулги цӏар киса-кибего рехсолеб бакӏалде бахина. Гьелъие гӏураб лъайги, бажариги, тавакалги нижер тохтурзабазул буго.\nУрологиялъул централъулги гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъулги хӏакъалъулъ пикру жалго тохтурзабаздасанги рагӏизелъун, ниж гӏенеккана эндоскопиялъулаб урологиялъул рентгеналъул отделениялъул заведующий Биларов Гъайирбегихъги.\n— Нижер отделение рагьана 2011 соналда. Гьелъие хӏажатаб аппарат, министрасухъеги\nун, тӏалаб гьабуна бетӏерав тохтурас. Цебе гӏадин гуреб, гьитӏинаб каратӏги гьабун, бажарула гьанже ургьисалабаздаги цогидалги урологиялъулал операциял гьаризе гьаб\nотделениялда.\nДибирицаги централъул щивав хӏалтӏухъанасе къваригӏараб-тараб лъазабула, гӏоларел рахъазухъ балагьула, гьел тӏуразарула. Хадуб букӏине кколеб къагӏидаялъ нижедаса хӏалтӏиги тӏалаб гьабула. Гьесул хӏаракаталдалъун гӏуцӏараб, гьаб жакъасеб даражаялде бахараб буго урологиялъул центрги.\nМахӏмуд-Апанди Мухӏамадов"}
{"slug": "3325-parakhatgo-tolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3325-parakhatgo-tolaro", "title": "Парахатго толаро", "date": "2018-12-06 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Камулел гьечӏо Сириялде ине гъира бугел гӏолилал\nТерроралде данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) данделъиялда бицана изну гьечӏого яргъид гӏуцӏарал къокъабазул хӏаракаталда гӏахьаллъиялъул мурадалда улка тун къватӏире ине гӏолилал риччангутӏиялъул ва, Гӏагараб Бакъбаккул улкабазда кколел ругел рагъулал лъугьа-бахъиназулъги гӏахьаллъун, Дагъистаналде тӏадруссунел ракьцоязулгун гьабизе кколеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nДанделъи нухда бачана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас. Гьес рехсана гьадинал хӏужаби: халкъазда гьоркьосел террористазул гӏуцӏабазул (МТО) хӏаракаталъулъ гӏахьаллъулев вуго 1500 дагъистанияв, аслияб къагӏидаялда гьел руго Сириялдаги Гӏиракъалдаги. Гьезул гӏемерисел ккола 25-30 сон барал гӏолилал. Гьезда гьоркьоса цо-цоял цебеккун цӏалулел рукӏун руго Гӏагараб Бакъбаккул улкабазул диниял цӏалул идарабазда.\nМТОялдаса тӏадруссарал дагъистаниязулгун гьабулеб хӏалтӏиялъулги, Терроралде данде къеркьолеб миллияб комитеталъулги ДРялъул жанисел ишазул министерствоялъулги цадахъаб хӏаракаталъулги бицун, Васильевас гьабуна гьадинаб хӏасил: «Гьел цадахъал тадбиразул хӏасилалда дагьлъана Гӏагараб Бакъбаккул улкабазда рагъулаб хӏаракаталъулъ гӏахьаллъулел дагъистаниязул къадар. Низам цӏунулел идарабазул гьанже буго гьеб рахъалъ хӏалтӏиялъул лъикӏаб хӏалбихьи. Гьелъ рес кьуна хӏал лъикӏлъизабиялъе. Масала, 2017-2018 соназда цониги хӏужа ккечӏо, Сириялдаса яги Гӏиракъалдаса тӏадруссарал дагъистаниял бакӏалдаго рукӏарал такъсириял къокъабазулгун бухьен гьабиялъе нугӏлъи гьабулеб. Амма лъикӏал хӏасилал кканин абун, гӏодоре риччазе бегьуларо. Нилъер гӏемермиллатазулаб рокъоб парахалъи цӏунизе жеги жигар бахъизе ккола», — ян.\nДРялъул жанисел ишазул министрасул ишал тӏуралев Дмитрий Гутыряца данделъиялда бицана низам цӏунулел идарабаз гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Министерствоялъул баяназда рекъон, уголовнияб жавабчилъиялде цӏан вуго Сириялде ине къачӏан вукӏарав 84 чи, гьезда гьоркьоса 11 – исана. «МТОялъул мухъилазда гъорлъе ине хӏадурун ратулел руго аслияб къагӏидаялда Махӏачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт шагьараздасаги Унсоколо районалдасаги гӏолилал. Амма халгьариялъул тадбираздалъун гьел тӏатинаруна ва улка тун ине риччачӏо.\nНизам цӏунулел идарабазул тадбираздалъун, чӏезавуна ва ккуна Сириялдаса тӏадвуссарав 129 чи, гьезда гьоркьоса ичӏго – исана. МТОялъул церехъабаз гӏуцӏулел руго бакӏазда «кьижарал» гӏисинал къокъаби. Гьезул хӏаракаталъе нухмалъи гьабулеб буго къватӏисел уулкабаздасан. Исана республикаялда тӏатинабуна анкьго гьединаб къокъа,ккуна 14 чи ва яргъидалъун дандечӏей сабаблъун чӏвана 15.\nМВДялъул баяназда рекъон, гӏолилал такъсириял къокъабазулъе цӏалеб аслияб нух буго Интернет. Гьедин МТОялъул къокъабазулъе ккана Сириялде ва цогидал бакӏазде арал дагъистаниязул 70 процент. Интернеталъул халгьабулаго, тӏатинабуна террористазул къокъабазулъе гӏадамал ахӏулеб 13 сайтги щуго къокъаги. Гьезул микьго къана ва рагьана лъабго уголовнияб дело», — ян бицана Гутеряца."}
{"slug": "3346-rekikial-untabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3346-rekikial-untabi", "title": "Рекӏкӏал унтаби", "date": "2018-12-12 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Лъикӏал гурел «сайгъатал»\n100 азарго чиясда гьоркьов 26 сифилисалъ унтарав\nНилъер республикаялда венерикиял унтабаз унтиялъе ругел гӏиллабазул, унтабаздаса цӏуниялъе тӏоритӏулел тадбиразул ва гьел сахгьаризе ругел ресазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул сахлъицӏуниялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур, республикаялъул тӏомолгун венерикияб диспансералъул поликлиникияб отделениялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Ахӏмадовасулгун:\n— Мухӏамад, Дагъистаналда венерикиял унтаби тӏиритӏиялъул кинаб хӏал ва статистикиял баяназ щиб бицунеб бугеб?\n— Республикаялда венерикиял унтабаз унтаразул къадар, Россиялъул цогидал регионаздаго гӏадин, дагьлъулеб буго. Гьелдалъун гьел унтаби тӏатинарулел ва сахгьарулел рукӏарал цо-цо медицинаялъул идарабицин къазе ккана. Гӏелмиял журналазда хъвалеб буго Россиялда венерикиял унтабаз унтаразул къадар 50-60 проценталъ дагьлъанилан. Гӏалимзабаз абула зама-заманалдасан гьел унтабаз унтаразул къадар гӏодобе-тӏаде ккей букӏунила, лъабго-щуго соналдасан унтаразул къадар цӏикӏкӏунила, гьедигӏанабго заманалдасан гьебго къадар дагьлъулила. Масала, 1980-1990-абилел соназда щибаб анкьалъ нижер поликлиникаялда хъвай-хъвагӏай гьабулаан 15-20 унтарасул. Ахирал соназдайин абуни, лъагӏалида жаниб 10-15 унтарасул гурони хъвай-хъвагӏай гьабуларо. Унтаразул къадар дагьлъиялъе гӏиллабиги ккола гьадинал: халкъалъул бичӏчӏи цӏикӏкӏин, гӏолилазе динияб тарбия щвей, медицинаялъул хӏалтӏухъабаз тӏоритӏулел профилактикиял тадбирал гӏемерлъи, къуватал дараби рукӏин.\n2018 соналъул ичӏго моцӏида жаниб Махӏачхъалаялда хъвай-хъвагӏай гьабун буго сифилисалъ унтарав 30 чиясул. Гьеб къадар, гъоркьисаялде дандеккун, кӏиго нухалъ дагьаб буго. Гьединго дагьлъун руго цогидал унтабаз унтаразул къадарги. 2018 соналъул ичӏго моцӏида жаниб, 2017 соналъул гьебго заманалде дандеккун, Дагъистаналда унтаразул къадар 302 чияс дагьлъун буго. 2018 соналда республикаялда сифилисалъ унтун вуго 103 чи. Гъоркьисаялде дандеккун 17 чиясдалъун дагь ккола. 2018 соналда гонореялъ унтун вуго 265 чи, 2017 соналда — 377 чи, ай 112 чияс дагь.\nСифилисалъ унтаразул гӏемерисел руго Махӏачхъалаялда, Дербенталда ва Дербент районалда, Гъизляралда ва Гъизляр районалда, Хасавюрталда ва Сергохъалаялда.\n— Унтаразда гьоркьор бихьиналищ яги руччабийищ цӏикӏкӏун рукӏунел?\n— Гьезда гьоркьоб цо кӏудияб батӏалъиги гьечӏо. Щуго-анцӏго проценталъ бихьиназул къадар цӏикӏкӏун буго, гьелги, аслияб къагӏидаялда, лъудби рачинчӏел гӏолохъаби. Гӏемер ккола Россиялъул шагьаразде хӏалтӏизе арал нилъер гӏолохъаби, гӏадлу хварал ясаз гьединал «сайгъаталги» кьун, тӏадруссун рачӏиналъул хӏужаби.\n— Инсанасул сахлъиялъе гьел унтабазул кинаб хӏинкъи ва рекӏкӏ букӏине бегьулеб?\n— Кватӏун гурого лъаларо чиясда сифилисалъ живго унтун вукӏин, гьединлъидал жакъа гьелъ унтаразул 90 процент тӏатинабула, профилактикиял цӏех-рехал гьарулаго. Унтиялда щаклъи ккун, живго лъикӏав лъугьун, исана нижехъе вачӏана 25-гӏанасев чи.\nСифилис рикӏкӏуна сахлъиялъе хӏинкъи бугеб унтилъун. Гьелъ квешаб асар гьабизе бегьула ботӏрое, рекӏее, ургьисалабазе. Сифилисалъул микробал бида цадахъ чорхолъ хьвадулел рукӏуна. Бичча-бихъан тараб неврабазул сифилисалъ унтарал психбольницаялдецин ккола.\nАхирал соназда, тохтурасул халкквей гьечӏого гӏадамаз антибиотикал хӏалтӏизарулел рукӏиналда бан, гьел унтабазул микробазул къвакӏи цӏикӏкӏун буго. Гьединлъидал унтарал сахгьаризеги захӏмалъула.\n— Сифилисалъ унтун вукӏиналда кин щаклъи кколеб, ай кинал гӏаламатал рукӏунел.\n— Рахӏатхвезабулел гӏаламаталлъун рукӏине ккола гӏемер кӏущизе хьвадизави, кӏущизе захӏмалъи, кӏващда цадахъ гӏадатияб гуреб кьералъул лъамалъи бачӏин, ахадаса чехь унти, жинсиял лугби рукари. Чорхолъ сифилисалъул микробал цӏикӏкӏиналъул аслиял гӏаламатал ккола кӏалдиб, кверазда, жинсиял лугбазда, горбода, цо-цо мехалда тӏубан черхалдаго жаниб рецӏцӏ ккараб гӏадаб сус бай. Жидецаго сахгьаризеян лъугьинеги бегьуларо. Гьедин гьабулаго, заманги уна, унтиги сах гьабизе захӏмалъула.\n— Венерикиял унтабаздаса цӏуни-къай кин гьабилеб?\n— Сундулъго букӏине ккола гӏадлу ва жавабчилъи, хасго бихьинчиясулги чӏужугӏаданалъулги гьоркьоблъиялъулъ. Бихьинчиясда рекъараб гьечӏо берцин бихьанщинаб цӏуябжоялда сверун сентӏей. Тохлъи ккун, унтиялда щаклъи бугони, лабораториял цӏех-рехалги гьарун, сагӏаталъул болжалалда хӏакъикъат лъазабизе, гьединго къуватал дарабазул ва мазазул кумекалдалъун унти сах гьабиялъе рес буго. Амма сах гьаричӏого чӏани, масала, сифилисалъул «кумекалдалъун» ккезе бегьула 20 батӏияб унти. Гонореялъ яги трихомонозалъ унтани, хӏинкъи букӏуна гӏолохъанчи бихьинчиясул борч тӏубазабун бажаричӏого хутӏиялда ва гьесие лъимер гьабунгутӏиялда, гьединго унтизе бегьула кӏващукъвачӏа ва предстательнияб цӏекӏгьан (железа).\n— Сифилисалъ яги цогидал «квешал» унтабаз унтарал чагӏи хӏалица сахгьаризе тӏамулищ?\n— Цебе хӏалтӏулеб букӏараб уголовнияб кодексалъул № 115 статьяялда рекъон, унтарас гъолбасине кколаан сахгьави тӏадаблъун гьабулеб документалда. Квалквал гьабуни, тамихӏалдеги цӏалаан, ай лъагӏалица туснахъ гьавизеги рес букӏана. Гьанже гьелъул хутӏараб жого гьечӏо.\n— Диспансералъул специалистаз бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб?\n— Зама-заманалдасан нижер специалистал уна школазде, училищабазде ва вузазде, церерахъуна радио-телевидениялдасан ва газет-журналазда макъалаби хъвала. Гьеб хӏалтӏиялъул кколел ругел лъикӏал хӏасилазул хӏакъалъулъ дица тӏадехун бицана. Амма гьеб рахъалъ чара гьечӏого хӏажалъула эбел-инсул тарбияги.\n— Гьел унтаби сахгьариялъе кина-кинал дараби хӏажалъулел? Дида рагӏун букӏунха, цо-кӏиго укол гьабуниги гӏолин абун.\n— Гьел руго кьучӏ гьечӏел харбал. Венерикиял унтаби, хасго сифилис, сахгьабиялъе бищунго лъикӏаб хӏасил кьолел дарабилъун рикӏкӏуна пенициллинги бициллинги. Гьел хӏалтӏизариялдалъун, тӏоцебесеб тайпаялъул сифилис больницаялда сахгьабула 18, бичча-бихъан тараб тайпаялъул сифилис — 28 къоялда жаниб. Хадуб тохтурасул бербагьиялда гъоркь гьев вукӏуна кӏиго соналъ, щибаб кварталалъ гьес биги кьезе ккола цӏех-рех гьабиялъе гӏоло. Унтаразе ункъ-ункъ сагӏаталдасан уколал гьаризе ккола, гьединлъидал гьел больницаялда гурони сахгьаризеги бегьуларо.\n— Гӏолилазе кинал малъа-хъваял гьарилел, кинаб гӏакълу кьелеб дуца?\n— Лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъниги цӏех-рех гьабизе ккола. Цере ккарал ясазда сверун сентӏезе бегьуларо. Щаклъи бугей ясалъулгун гьоркьоблъи ккани, нахъбахъун течӏого, цӏех-рехалъе тохтурасухъе ине тӏадаб буго.\nВенерикиял унтабаз унтарал сахгьарула Махӏачхъалаялъул, Дербенталъул ва Гъизляралъул хасал больницабазда. Махӏачхъалаялда буго 230 чиясе бакӏги бугеб, 68 тохтурги хӏалтӏулеб тӏомолгун венерикиял унтаби сахгьарулеб стационар.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3347-kalendar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3347-kalendar", "title": "Календарь", "date": "2018-12-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул тарихалда декабрь моцӏ\n1569 соналъул декабралда хвана магӏарул хан Гӏандуникӏ-кӏиабилев.\n1839 соналъул 29 декабралда Сугъралъ росулъ гьавуна 1877 соналда къокъаб шаригӏаталъе нухмалъи гьабурав Дагъистаналъул ункъабилев имам Мухӏамад–хӏажи Сугъури.\n1868 соналъул декабралда Дагъистаналда хутӏун вукӏана 1542 лагъ. Гьезул 78 процент эркен гьаруралъухъ кьуна нусиялда кӏикъоялда щу-щу гъуруш гӏарцул. Хутӏарал тархъан гьаруна гӏарац босичӏого.\n1883 соналъул 8 декабралда Унсоколо росулъ гьавуна революционер, тӏоцебесеб магӏарул «Заман» газеталъул редактор Махӏач Дахадаев.\n1896 соналъул 7 декабралда Хасавюрт шагьаралда гьавуна инженериял аскаразул маршал Михаил Воробьев.\n1899 соналъул 5 декабралда Темир-Хан-Шура округалъул Гъоркьа Хъарани росулъ гьавуна филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Шигьабудин Микагӏилов.\n1905 соналъул 2 декабралда пачаясул армиялъул полковник Мухӏамад Жахӏпаровасе кьуна «Япониялъулгун рагъда гьарурал ишазулъ бихьизабураб тӏокӏлъиялъе гӏоло» абураб Георгийил 4-абилеб даражаялъул хъанч.\n1905 соналъул декабралда Типлисалъул губернаторасул ишал тӏуралев чилъун тӏамуна Макъсуд Гӏалиханов.\n1912 соналъул 21 декабралда Гьоцӏалъ росулъ гьаюна РСФСРалъул халкъияй артистка Зайнаб Набиева.\n1916 соналъул 25 декабралда Лъондода росулъ гьавуна хъвадарухъан, 1953-1978 соназда «Багӏараб байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Шамхалов.\n1917 соналъул 23 декабралда Темир-Хан-Шурай гьаюна Дагъистаналъул тӏоцеесей гӏалимчӏужу-магӏарулай, машгьурай педагог, Дагъистаналъул гӏелмабазул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу, филологиял гӏелмабазул кандидат Гулжагьан Мадиева.\n1917 соналъул декабралда Польшаялъул армиялъул полковник, «Ахӏулгохӏ» асаралъул автор Багьавудин Хуршилов тӏамуна Дагъистаналъул хасаб рагъулаб гӏуцӏиялъул командирлъун.\n1918 соналъул 27 декабралда гьавуна Муслимов Гӏабдулвахӏид Ханмухӏамадович. СССРалъул хӏурматияв энергетик, РСФСРалъул мустахӏикъав энергетик, Дагъистаналъул гидроэнергетикаялъе кьучӏ лъуразул цояв, «Дагъэнерго» гӏуцӏиялъул управляющий.\n1920 соналъул 15 декабралда Хунзахъ росулъ гьаюна Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчӏужу Хӏажа Локъалова.\n1921 соналъул декабралда тӏобитӏана Тӏолгодагъистаналъулго советазул съезд. Гьениб къабул гьабуна Дагъистаналъул аслияб закон — Конституция.\n1923 соналъул декабралда Дагъистаналъул тахшагьар Темир-Хан-Шураса бахъана Махӏачхъалаялде.\n1923 соналъул 21 декабралда гьаюна ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Роза Элдарова.\n1923 соналъул 21 декабралда гьавуна Буйнакск шагьаралда вукъун вугев Совет Союзалъул Бахӏарчи Сергей Елистратов.\n1927 соналъул 29 декабралда Кӏаратӏа росулъ гьаюна Дагъистаналъул шагӏир Машидат Гъайирбегова.\n1931 соналъул декабралда ЦИКалъул президиумалъ хӏукму гьабуна Махӏачхъалаялда В. И. Лениние, Смольныялда аскӏоб лъурабго гӏадаб, памятник лъезе. Гьеб букӏана пролетаразул вождасе советияб улкаялда, Москваялдаса хадуб, лъолеб кӏиабилеб памятник, ва гьеб рагьана 1932 соналъул 1 маялда.\n1930 соналъул 27 декабралда тӏоцебе гӏуцӏана магӏарул профессионалияб театр, амма цо чанго моцӏидасан гьеб биххана. Хадуб, ВКП(б) ялъул хӏукмуялда рекъон, гьеб 1935 соналда цӏидасан гӏуцӏана Гӏабдурахӏман Магаевасул нухмалъиялда гъоркь.\n1932 соналъул 5 декабралда Гиничукь росулъ гьаюна Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева.\n1932 соналъул 25 декабралда Лъагӏилухъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Мухӏамад.\n1938 соналъул 29 декабралда Гӏобода росулъ гьавуна машгьурав гӏалимчи, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Сиражудин Хӏайбуллаев.\n1939 соналъул 16 декабралда Тӏелекь росулъ гьавуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министрлъун вукӏарав генерал-лейтенант Мухӏамад Гӏабдуразакъов.\n1944 соналъул 19 декабралда Гуни росдал сельсоветалъул председатель М. Гӏабасовасул, «Цӏияб гӏумру» колхозалъул председатель Ш. Хӏасановасул ва байбихьул партгӏуцӏиялъул секретарь А. Ханбутаевалъул цӏаралда бачӏараб хӏукуматалъул телеграммаялда Иосиф Сталиница росдал захӏматчагӏазде битӏана салам ва Багӏараб Армиялъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна фронталда ругезул хъизамазе 25 000 азарго гъуруш гӏарац, картошка, ролъ, боцӏи ва къайи-цӏа бакӏараралъухъ.\n1945 соналъул 29 декабралда Кӏаратӏа росулъ гьавуна машгьурав гугарухъан, Олимпиял хӏаязул ва дунялалъул чемпион Загъалав Гӏабдулбегов.\n1948 соналъул 19 декабралда Чӏохъ росулъ гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустахӏикъав артист Къурачев Мухӏамадтӏагьир.\n1949 соналъул 29 декабралда Гӏанди росулъ гьавуна археолог, гӏалимчи, Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул член-корреспондент Хизри Гӏамирханов.\n1964 соналъул декабралда тӏобитӏана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул IV съезд. Гьенив кӏалъана Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Расул Хӏамзатов.\n1987 соналъул декабралда космосалде воржана тӏоцевесев дагъистанияв — космонавт Муса Манаров ва 1988 соналъул 21 декабралда гьесие кьуна Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏар.\n1991 соналъул 27 декабралда гӏуцӏана ва хӏалтӏизе байбихьана Дагъистан Республикаялъул Конституциялъулаб суд. Гьелъул нухмалъулевлъун вищана Салман Хӏажимухӏамадов.\n1993 соналъул 21 декабралда, Дагъистаналъул Министрзабазул Советалъул № 565 хӏукмуялда рекъон, республикаялда гӏуцӏана, гӏурусал Дагъистаналдаса гӏаммаб къагӏидаялда гочунел рукӏиналда бан, гьеб иш цойиде ккезабизе хӏукуматалъул хасаб комиссия.\n1993 соналъул 25 декабралда къуваталде лъугьана республикаялъул цӏар «Республика Дагъистан» абун жинда жаниб хъвараб Россиялъул Конституция.\n1993 соналъул 31 декабралда гӏумруялдаса ватӏалъана гьунар бугев тохтур, мединституталъул ректорлъун вукӏарав Мухӏамад Макъсудов.\n1994 соналъул 12 декабралда Россиялъул хӏукуматалъ Дагъистаналда, Чачан Республикаги гьоркьоб тун унеб, цӏияб маххул нух базе хӏукму гьабуна. Хадуб гьелъие щвана «гӏумрудул нух» абураб цӏарги.\n2000 соналъул 29 декабралда Россиялъул президент В. В. Путиница къабул гьабуна Дагъистаналъул вакилзабазул 44 чиясдаса гӏуцӏараб къокъа.\n2001 соналъул декабралда Россиялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва Къватӏисел ишазул министерстваязда халгьабуна, Азербайжаналъ хӏадур гьабураб, Россиялда ва Азербайжаналда гьоркьоб Самур гӏурул лъим бикьиялъул хӏакъалъулъ къотӏи-къаялъул. Гьелда бан, Дагъистаналъул нухмалъулез Россиялъул президентасухъе жал рази гьечӏолъи загьир гьабун кагъат хъвана ва бихьизабуна, Самуралъул лъим бикьулаго, Дагъистаналъул халкъазул тӏалабал хӏисабалде росизе ккелилан.\n2003 соналъул 16 декабралда радал Цӏунтӏа районалде Чачаназул рахъалдасан бачӏана яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул къокъа. Гьез гъоркьлъалие росана Шаури ва Мокъокъ росаби.\n2007 соналъул 9 декабралда гӏумруялдаса ватӏалъана Россиялъул ва Дагъистаналъул халкъияв артист, Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб премиялъул лауреат Махӏмуд Гӏабдулхаликъов.\n2010 соналъул 15 декабралда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб Дагъистаналъул халкъазул III съездалъ хӏукму гьабуна республикаялда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул байрамалъул къо чӏезабизе. Хадуб, республикаялъул бетӏер Мухӏамадсалам Мухӏамадовасул указалда рекъон, гьединаб къолъун бихьизабуна 15 сентябрь.\n2011 соналъул 15 декабралда Махӏачхъалаялда чӏвана «Черновик» газеталъул редактор Хӏажимурад Камалов.\n2017 соналъул декабралда гьарурал экономикиял хӏасилаз бихьизабуна Дагъистаналда гьоркьохъеб харжалъул къадар Россиялда бищунго гӏодобегӏанасеб букӏин. Моцӏрол гьоркьохъеб харжалъул къадар букӏана 13, 6 азарго гъуруш.\n2017 соналда, гьаб соналъул декабралда гьабураб хӏисабалда рекъон, республикаялде рачӏарал туристазул къадар цӏикӏкӏана 18 проценталъ. Гъоркьиса Дагъистаналде вачӏана 608 азаргогӏанасев чи. Гьезул цӏикӏкӏарасел рукӏана ралъдахъе хӏухьбахъизе рачӏарал\nЗикрула Илясов,\nРоссиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъулаб гӏуцӏиялъул председатель"}
{"slug": "3348-ekologiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3348-ekologiya", "title": "Экология", "date": "2018-12-12 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рацӏцӏалъи гьабизе бокьани…\nРищни-къулалдаса, зарал гуреб, пайдаги букӏине рес буго\nГьал къоязда республикаялда цӏадал раялъул хӏасилалда тахшагьаралъул КОРалъулъе чорокаб лъим ун батизе рес бугин, гьединлъидал гьализабун гурони лъим гьекъогеян лъазабулеб буго Дагъистаналъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ.\n«Краналдаса бачӏунеб лъеца чехь-бакьал унтизаризе рес букӏиналда бан, лъим гьализабун яги тукадаса шушбузухъ бугеб босун гурони кванилъ хӏалтӏизабизе ва гьекъезе лъикӏаб гьечӏо. Бокьилароан, чанго соналъ цебеккунго гӏадин, гӏемерал цӏадал ран хадуб чорокаб лъим жанибе ккараб КОРалъул лъеца гӏадамазе зарал гьабизе. Доб мехалда тахшагьаралда 300 чи унтун вукӏана», — ян лъазабулеб буго ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ.\nРоспотребнадзоралъ КОРалъул халгьабуна ва, лъел кьер хисун гурони, сахлъиялъе зарал гьабулеб кӏудияб хиса-баси ккун батичӏо, лъеца чехь-бакь унтиялъул цогӏаги чияс гӏарзги бачӏинчӏо.\n2016 соналда ккараб лъугьа-бахъин гьанжеги такрарлъилин хӏинкъун, тукадаса лъим баччулел руго гӏадамалги. Амма КОРалъубе чороклъи ва гӏадамазе зарал ккеларедухъ тӏадал идарабазе гьабулеб хӏалтӏи бихьулеб гьечӏо.\nДагьал церегӏан къоязда республикаялъул хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул советалъул данделъиялда Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Элеонора Гӏумариевалъ жидерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунаго, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас лъазабуна нухмалъулелъул хӏалтӏудаса рази гьечӏин. Республикаялда лъим чороклъи сабаблъун гӏадамазе зарал ккеялъул гуреб, гьединал лъугьа-бахъинал цӏидасан кколаредухъ кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугебали бицине кколин лъазабуна Владимир Васильевас.\nТахшагьаралъул къватӏаздаса жиндир заманалда рищни-къул бакӏарулеб букӏарабани, цӏадал рараб мехалда КОРги чороклъилароан. Кигӏан бицаниги, рищни-къулалъул суал тӏубанго бахъунеб гьечӏо республикаялда. Кигӏан гӏемерал цӏалул идараби рагьаниги, чӏухӏарал минаби раниги, ахирисел соназда Махӏачхъалаялда рекӏун руго «рищни-къулалъул шагьар», «роржунел къучӏбузул шагьар» абурал тӏокӏцӏарал. Рацӏцӏалъиялъул хӏакъалъулъ бицунаго, кӏочон тезе бегьиларо рощнол къалазухъ кванан хьихьун ругел гӏачиги…\nКинаб хӏалтӏиха гьабулеб бугеб республикаялъул нухмалъиялъ Махӏачхъала рощнолъа бахъиялъул мурадалда? Цогидал регионазда ва къватӏисел пачалихъазда кинаб къагӏида хӏалтӏизабулеб бугеб рищни-къул дагьлъизабиялъе гӏоло? Нилъер нухмалъиялъги къватӏисел пачалихъазул хӏалбихьияздаса пайда босизе бугин рищни-къулалдаса республика бацӏцӏад гьабиялъейин бицунеб буго.\nАнкьго завод\nАхираб 20-25 соналъ, кигӏан гӏемер бицаниги, жеги гӏумруялде бахъинабизе кӏвечӏеб анищлъун хутӏун буго республикаялда рищни-къул батӏа гьабулел заводал рай. Исана сентябралъул ахиралда тӏобитӏараб 26-абилеб сессиялда премьер Артем Здуновас лъазабуна тӏадеялъул Дагъистаналда ункъо полигон ва рищни-къул батӏа гьабулеб анкьго завод рагьизе бугин. Гьединго лъазабун букӏана рищни-къул балеб 9 бакӏ къазе бугин абунги.\nРищни-къулалъул цӏурал къалалги гӏадамаз гӏумру гьабун ругел бакӏазда аскӏоса гӏебеде ругел свалкабиги тӏагӏинаризе кинал ресал ратун лъикӏин абураб суалалда тӏасан батӏи-батӏиял пикраби загьир гьарулел руго экологияб, ЖКХялъул ва цогидал рахъазул экспертаз.\nРацӏцӏалъи цӏуниялъе гӏоло гӏемерисез тӏасабищулеб буго рищни-къул бухӏи, цогидазин абуни, къватӏисел пачалихъаздаго гӏадин, батӏаги гьабун, гьелъул цогидаб къайи гьабулел заводал разе кколин рикӏкӏунеб буго. Гьеб къагӏида хӏалтӏизабизе ккани, турулареб рищни-къулалда гьоркьоса (ТБО) бищизе ккола хадубккун пайдаялъе хӏалтӏизабулеб къайи, нахъе хутӏараб рищни-къулин абуни, жиндаса энергия щвезабизелъун, хасал печазухъ бухӏизе бегьула.\nРоссиялда буго 20500 свалка\nРищни-къул батӏа гьабиялъул рахъалъ миллияб бюроялъул баяназда рекъон, Россиялда буго рищни-къулалъул законияб гуреб 20500 свалка, гьелъ ккун буго миллион га ракьул. Хӏисаб гьабуни, Кипралъул яги Ливаналъул ракьул манзил бащалъула Россиялъул рищни-къул барал ихтияр гьечӏого гьарурал свалкабаз кколеб ракьул манзилалда.\nРоссиялда щибаб лъагӏалида жаниб турулареб рищни-къулалъул 60 миллион тонна къватӏибе рехула гӏадамаз, гьелъул цогидаб къайи гьабизе гӏицӏго кӏиго процент гурони хӏалтӏизабуларо.\nЖиндаса цогидаб къайи гьабизелъун турулареб рищни-къул батӏа гьабулеб бугони, рищнидул полигоназда, гӏадамазе зарал гьабичӏого, ракьулъ букъизе бегьулеб рищни-къулалъул къадар 65 проценталъ дагь гьабизе бажарулин абулеб буго специалистаз.\nМиллияб бюроялъул баяназда рекъон, турулареб рищни-къулалъулъ букӏуна жиндаса энергия щвезабизе бегьулел жалазул 25 процент. Гьелин абуни ккола жиндаса цӏатари гьабизе бегьулел жал — RDF (рищни-къулалдаса гьабураб цӏатари). Гьеб цӏатариялъ бигьаго хисизе бегьулаан цемент, хинлъи ва электроэнергия гьабулеб бакӏалда хӏалтӏизабулеб гӏадатияб цӏатари.\nГьеб жо гӏицӏго кагътида бицун тараб цӏиял къагӏидабазул бицен гуро. Гӏисин гьабураб рищни-къул 1950 соназдаса нахъе тӏолабго дунялалдаго RDF къагӏидаялде буссинабулеб буго. Россиялдайин абуни гьединаб цӏатари гьабизе бегьулеб букӏиналдецин чанго соналъ цебеккун гурони кӏвар кьезе байбихьичӏо.\nРищни-къулалъул цӏатари\nучузго чӏела\nРоссиялъул ЖКХялъул эксперт Андрей Савранскияс рикӏкӏунеб буго гӏемерисезда лъалеб гьечӏин рищни-къул цӏатариялъе хӏалтӏизабиялдаса босизе бегьулеб пайдаялъул хӏакъалъулъ. Гӏадамазе энергия яги цогидаб цӏатари бичулел гӏуцӏабазул «экспертаз», рищни-къулалдаса цӏатари гьабизе лъикӏаб гьечӏин, гӏадамазул пикраби мекъи ккезарулел руго. Гьелъие гӏиллаги ккола гьел гӏуцӏабазе жидергояб гуреб цогидаб цӏияб цӏатари гӏадамаз бичун босизе хӏажат гьечӏеблъи. Гьединлъидал тӏадкӏалъаялги цӏикӏкӏуна: гьеб батӏа гьабун бухӏулеб рищни-къулалъулги квешаб кӏкӏуй бахъунин ва гьелъ нилъер сахлъиялъе зарал гьабулин абун.\nИсана бараб рищни-къул бухӏулеб щуго завод (Подмосковьеялда ункъо, цо Татарстаналда), жамгӏиял хӏаракатчагӏаз рикӏкӏунеб буго экологиялъе зарал гьабулеблъун.\nСавранскиясги рикӏкӏунеб буго гьезул пикру битӏараб бугин. «Европаялъул улкабазда, экологияб рахъалъ кьварарал низамал ругел бакӏазда рищни-къул бухӏулел заводал сордо-къоялъ гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏула. Европаялъулаз рищни бухӏула, цебеккунго батӏаги гьабун. Батӏаги гьабичӏого, цебекканщинаб рищни-къул бухӏи гьез рикӏкӏуна экономия гьабунгутӏилъунги, экологияб рахъалъ хӏинкъи букӏинлъунги».\nНилъер улкаялдаги, Европаялдаго гӏадин, RDF гьабулеб къагӏида лъазабуна ва «Топал-I» къвакӏараб цӏатари гьабизе байбихьана. Менделеевасул цӏаралда бугеб метрологиялъул институталъ ва Роспотребнадзоралъ гьабураб цӏех-рехалъул хӏасилалдаги гьеб цӏатари бухӏулелъул къватӏибе рехулеб кӏкӏуйдулъ рукӏунел химикиял жал гӏадамазе зарал кколареб къадаралдаса цӏикӏкӏунел гьечӏо.\nЛенинград областалда байбихьун буго басриял тӏорччол котельниял хисизе ва гьенир «Топал-I» хӏалтӏизабизе. Гьеб бухӏун, къватӏире рачӏунел газал рацӏцӏад гьарулеб къагӏидаги гӏуцӏун буго. Экологияб рахъ цӏуниялъул киналго тӏалабал тӏуран руго. Гьединлъидал гӏадамал гӏумру гьабун ругеб бакӏалда аскӏоб букӏинеги бегьулеб буго рищни-къулалдаса гьабураб цӏатариялда хӏалтӏулеб бакӏ.\nТӏабигӏияб цӏатари лъугӏулеб ва рищни-къулалъул свалкаби гӏемерлъулеб заманалда, RDF хӏалтӏизабизе байбихьи бищунго лъикӏаб ишлъун рикӏкӏунеб буго ЖКХялъул фондалъул экспертас.\nЩиб лъалеб, тӏадеялъулгӏаги Дагъистаналъул шагьаразда рацӏцӏалъи букӏине бегьула. Амма, цо-цояз абулеб буго, заводал ран хадубги рацӏцӏалъи лъугьиналда щаклъи бугин. Щайгурелъул, къватӏазда гуребги, жеги ралъдалъги гьекъолеб лъелъги хӏажат бугелъул гьеб рацӏцӏалъи гьабизе. Ахираб чанго соналда жаниб тахшагьаралда ралел ругел гӏемертӏалаял минабазул канализация кибе ине бугебали пикру гьабулел гӏемер гьечӏелъул. Гьайгьай, тахшагьаралда ранщинал гӏемертӏалаял минабазухъ гӏадамаз гӏумру гьабун хадуб байбихьила гьеб суалалдеги кӏвар кьезе.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3349-zhurnalistazul-mazhlis", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3349-zhurnalistazul-mazhlis", "title": "Журналистазул мажлис", "date": "2018-12-12 00:00:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тарихазул технологиязул заман\nДанделъиялда гӏахьаллъана азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи\nтазул VI халкъазда гьоркьосеб форум тӏобитӏана 5-6 декабралда Грозныялда. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Сергей Стариковги, Северияб Кавказалъул регионазул нухмалъиялъул вакилзабиги, журналисталгун блогералги.\nФорумалда гӏуцӏун рукӏана щибаб республикаялъул СМИязул майданал. Букӏана гьениб Дагъистаналъул бокӏонги.\nФорумалъул гӏахьалчагӏазде хитӏаб гьабулаго, Сергей Стариковас гьадин абуна: «Нилъер форум кӏодолъулеб буго соналдаса соналде. Гьеб лъугьана журналистикаялъул цӏикӏкӏараб кӏваралъул суалазул хӏакъалъулъ бицунеб бакӏлъун. Цо-цо гӏадамазда ракӏалде кколеб буго, журналистал гьечӏониги тӏубалин абун, щайгурелъул жакъа информация щола батӏи-батӏиял интернет-сурсатаздаса. Амма гӏицӏго журналистасухъа гурони бажаруларо, пуланаб пикру яги баян мухӏкан гьабун, гьелъул ритӏухълъи цӏехон. Баркала буго Чачан Республикаялъе форум гӏуцӏаралъухъ ва лъикӏаб гьоболлъи гьабуралъухъ», — ан.\nЧачан Республикаялъул хӏукуматалъул председатель Муслим Хучиевас цӏалана Рамзан Къадировас гьалбадериде битӏараб саламалъул хитӏаб. «Чачан Республикаялъухъа бажарана халкъазда гьоркьосеб терроризмалъукьа бергьун. Соналдаса соналде лъикӏлъулеб буго гӏадамазул гӏумру. Цебетӏолеб буго промышленность, росдал магӏишат, медицина, туризм. Гьеб пайдаяб ишалъе кӏудияб квербакъи гьабула СМИязги. Журналистазул кумекалдалъун нилъехъа бажарула Кавказалъулги гьелъул халкъазулги хӏакъалъулъ бугеб пикру хисизабизе», — ян абуна гьес.\nКӏиго къоялда жаниб форумалъул гӏахьалчагӏаз бицана журналистикаялъе кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ. Форумалъул аслияб мурад кинаб бугебан абураб суалалъе жаваб кьолаго, «Северияб Кавказ» абураб МЦОИялъул (регионазда гьоркьосеб жамгӏиял пикрабазул центр) генералияв директор Кантемир Давидовас абуна: «Нижеда бичӏчӏизе ккола, щибжо кколебали тарих ва тарихазул технологиязул заманалда, кинал нухал ратизе кколелали печатиял СМИял чӏаго хутӏиялъе. Нижеда лъала жакъа газетал холел ругеблъи, гьединлъидал бицине буго гьел цӏуниялъулги гьанжезаманалде рекъонкколеллъун гьел лъугьинариялъулги хӏакъалъулъ», — ан.\nСеверияб Кавказалъулги Россиялъул цогидал регионаздаса рачӏаралги журналистазе форумалда рес щвана ишцоязул хӏалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьенир гӏуцӏун рукӏана мастер-классалги, бахӏсалги, лекциялги.\nМасала, Росгвардиялъул киностудиялъул начальник Виктор Болтковас бицана документалияб кино бахъиялъул хаслъиялъул хӏакъалъулъ. «Жакъа документалияб кино бахъизе хӏажалъула хӏалтӏул мухӏканаб планги, цӏакъго хирияб багьаялъул гуреб аппаратураги, тӏасабищараб темаги, хӏалтӏизе гъираги», — ян абуна гьес.\nДагӏба-рагӏиялде ккани\nДандеккунгутӏиял, кьал ва дагӏба ккараб бакӏалда хӏалтӏулаго, ритӏухълъи цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ бицана «Постскриптум» абураб информациялъулгун аналитикаялъул программа бачунев Роман Перевезенцевас тӏобитӏараб мастер-классалда. «Гьединаб бакӏалде гьабураб сапаралдаса рокъове тӏадвуссине бокьани, дур букӏине ккола сабурлъи, бугеб хӏалалъе къимат кьолаго, цӏунизе ккола ритӏухълъи, сундулго кьочӏоде ваккизе ккола – гьеб бигьаяб масъала гуро, амма ритӏухъаб пикру загьир гьабулев журналистасухъа гьеб бажаризе ккола. Масала, сапаралда дандчӏвазе бегьулал ццидалав чигун. Бажаризе ккола гьединасулгунги гӏаммаб мацӏ батизе, цоцаздехун адабалда кӏалъазе», — ян бицана гьес.\nТинал мастер-класс\nПродюсер, журналист ва телеведущая Тина Канделакица тӏобитӏана Чачаналъул пачалихъияб университеталъул студентазе мастер-класс. «Инсанасул пикруялдаса хирияб жо щибниги гьечӏо. Нужеда гьеб бичӏчӏизе ккола. Кинаб макъала нужеца хӏадурулеб бугониги, нужеца чанцӏулго халгьабизе ккола баяназул. Биччанте кинабго кьучӏ бугеблъун, мухӏкан гьабураблъун ва ритӏухъаблъун букӏине. Гьелъул мурадалда лъабго батӏияб бакӏалдаса баян тӏалаб гьабизе ккола. Гьебмехалда нужеда божизе руго цӏалдолел. Божилъи гьабизе бегьулел журналистал рокьула халкъалъе», — ян бицана Тинаца.\nРахьдал мацӏалда пресса\nРоссиялда буго кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун рахьдал мацӏалда хӏалтӏулеб СМИ. Гьезул ругел масъалабазул хӏакъалъулъ бицана «Миллияб СМИ. Масъалаби ва цебетӏей» абураб данделъиялда. Гьеб нухда бачана Миллатазда гьоркьосеб журналистикаялъул гильдиялъул президент Маргарита Лянгеца. Гьениб бицана пачалихъияб кумек хӏажалъун букӏиналъулги, кадраби гӏунгутӏиялъулги, подписка дагьлъулеб букӏиналъулги хӏакъалъулъ.\nМаргарита Лянгел пикруялда рекъон, цогидал регионазде дандеккун, Кавказалда СМИязул хӏал чӏара-хьараб буго. «Кавказалда мацӏал цӏунун хутӏун руго, хӏалтӏулел руго миллиял редакциялги. Цогидал регионазда гьел къалел руго, ва гьелъул кӏвар гьабулев чиги гьечӏо. Нижее бокьун буго къадар дагьал миллатазул редакциязе кадраби хӏадуризе. Гьезие лъайги кьун, ритӏила хӏалтӏизе. Бокьун буго гьел газетал хвасар гьаризе ва хадурккун церетӏезаризе», — ян бицана Лянгеца. Миллиял газетал чарагьечӏого хӏажат ругинги абуна гьелъ.\nГьеб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул информатизациялъулги, бухьеналъулги, массовиял коммуникациязулги министр Сергей Снегирев. Гьес бицана, жакъа къоялъул аслияб масъала бугин лъикӏаб даражаялъул ва цогидазул гьечӏеб гӏадаб контент гӏуцӏи ва лъимерлъудасаго гьелде ругьун гьари (масала, газеталъул интернет-сайталда батӏи-батӏиял хӏаял, къецал ва гь.ц. тӏоритӏиялдалъун). Гьедин куцан гӏурав цӏалдолев кидаго вукӏине вуго «гӏагараб редакциялъулгун бухьеналда, ай хутӏизе вуго гьелъул цӏалдолевлъун» абулеб букӏана министрас.\n«Миллиял СМИязул хӏалтӏи камиллъизабулеб хасаб рецепт гьечӏо, амма руго киназего гӏаммал къагӏидаби, мустахӏикъаб финансирование, пагьмуяб хӏалтӏи, хӏажатал кадраби хӏадури ва вукӏинесев цӏалдолев ватизе жигар бахъи. Лъикӏаблъун ккола социалиял гьиназда миллиял газетазул гьурмал рагьи, мобильниял алатазе приложениял ургъи ва лъимерлъудасаго рахьдал мацӏалде рокьи куцай», — абураб пикруялда разилъана данделъиялъул гӏахьалчагӏи.\nПленарияб заседание\nVI-абилеб Форумалъул кӏиабилеб къоялда тӏобитӏана «Тарихазул медиа: цӏияб хӏакъикъат ва цебетӏеялъул нухал» абураб данделъи. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовников, РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботарев, Чачан Республикаялъул бетӏер Рамзан Къадиров, ДРялъул бетӏер Владимир Васильев, Северная Осетия-Аланиялъул бетӏер Вячеслав Битаров, Ингушетиялъул бетӏер Юнус-Бег Евкуров, Кабардино-Балкариялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Казбек Коков, Гъарачай-Чергесиялъул бетӏер Рашид Темрезов, Ставрополь краялъул губернатор Владимир Владимиров ва федералиял идарабазулги медиажамгӏияталъулги вакилзаби.\nРегионалиял выставкаби\nФорумалда рагьун букӏана Арт-резиденция. Гьенир гӏуцӏун рукӏана СКФОялъул СМИязул хаслъи загьир гьабулел регионалиял выставкабиги, digital-зонаги, фотозонаги, рагьараб эфиразул зонаги.\nДРялъул бетӏер Владимир Васильев, РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовниковгун ва республикабазул бутӏрулгун цадахъ щвана выставкабазухъ балагьизе.\nДагъистаналъул павильон бикьун букӏана анлъго тематикияб стендалде. Гьенир церелъун рукӏана республикаялда ругел батӏи-батӏиял тайпабазул СМИял: электрониял, печатиял, телевидение ва тӏахьал. Арт-майданалъ баян кьолеб букӏана 40-ялдаса цӏикӏкӏун газеталъулгун журналалъулги регионалияб телевидениялъулги тарихалъул хӏакъалъулъ. Стендалда рекъезабураб лъабго экраналдасан рихьизарулел рукӏана «Дагъистан» ГТРКялъги, «Дагъистан» РГВКялъги, «Нилъер миллияб телевидениялъги (ННТ)» рахъарал видеороликал. «Дагъистаналъул тӏахьал» абураб стендалда церелъун рукӏана гӏурус ва миллиял мацӏазда рахъарал тӏахьал. «Тарихазулаб Дагъистан» абураб стендалда букӏана лъабго экран ва гьенисан гӏуцӏун рукӏана рагьарал эфирал.\nСКФОялъул журналистазул форумалъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "3403-iskusstvo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3403-iskusstvo", "title": "Искусство", "date": "2018-12-17 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "«Хасалихълъиялъул» выставка\nДагъистаналъул Художниказул союзалъул лъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго щибаб хасалихъе выставкаби тӏоритӏи\nГьедин, масала, дагьаб цебегӏан, 30 ноябралда Дагъистаналъул Художниказул союзалъул выставкабазул залалда рагьана «Хасалихълъиялъул вернисаж» абураб цӏаралда гъоркь выставка.\nВыставка рагьулаго кӏалъазе рахъараз бицана меседилаб вернисажалъул гӏахьалчагӏазул, лъикӏал хӏалтӏабазул ва гьезул хаслъабазул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "3404-teatral-ul-khiarakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3404-teatral-ul-khiarakat", "title": "Театралъул хӏаракат", "date": "2018-12-17 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Махӏмудги Муиги – ансадерил сценаялда\nШамилхъалаялда актераз бихьизабуна лирикияб драма\nСпектакль бихьизабуна Хъахӏаб-росулъа Махӏмуд гьавуралдаса 145 сон тӏубаялъул хӏурматалда. Гьелъухъ балагьизе рачӏарал магӏарулазда иргадулаб нухалда рагӏана ракьцоясул гӏищкъул къисаги цоцазухъ рокьи ккарал, амма къадар хъвачӏел гӏащикъазул къваридаб къисматги. Гъансинир рокьул кучӏдул гурони гьечӏев «тӏурччибухӏил» васасул рекӏел асаралъул сан гьабичӏо пачаясул аскаралда офицерлъун вукӏарав Бекьилъа Хӏасанил тухумалъ. Ва чвахана мугӏрузухъа мугӏрузухъе гьалагаб рокьул къиса рагьулел, гӏенеккарал паналъизарулел, магӏнаялъул гъварилъуде раккизе бажари бугезул ракӏал гӏодизарурал Махӏмудил кучӏдул. Рекӏелъе рортуледухъ ахӏана гьел магӏарул кочӏохъабаз. Халкъалъул хулжазухъги цӏунун, щвана гьел къалмикье росизеги жакъасеб гӏелалъухъе цӏализеги.\nРокьуца рахӏат течӏеб Махӏмудил гӏумру букӏана бечедаб. Гьалагаб асаралдаса эркенлъизе гьев щвана батӏи-батӏиял бакӏазда хӏалтӏизе, ана рагъдецин. Амма гьенибги хӏалхьи течӏо ракӏалъе даим хиралъарай гьудулалъул сипаталъ.\nМахӏмудилги Муилги гӏумру-ялъул къиса сценаялдаса рагьарал артистазе баркалаялъул хъватчӏвана Унсоколо районалъул жамагӏаталъ.\nМагӏарул театралъул\nпресс-хъулухъ"}
{"slug": "3405-tsiiyal-k-agiidabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3405-tsiiyal-k-agiidabi", "title": "Цӏиял къагӏидаби", "date": "2018-12-17 00:00:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Аслиял дарсал – чӏорого\nРФялъул Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, щивав чиясул буго ихтияр чӏобого лъай щвезе\nАмма гьеб ихтияр, цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, хутӏун буго гӏицӏго кагътида. Цӏалдохъабазул умумуз ричун росизе кколел руго лъималазе хӏажатал цӏалул тӏахьалги, цогидал алаталги, школалъул администрациялъ тӏасабищараб ва киназего тӏадаблъун гьабураб парталги, спортивияб формаги ва гь.ц. Гьеб рехсаралде тӏадеги, эбел-инсуца гӏарцухъ ккола репетиторалги, къачӏала классалги, босула гьениб хӏажалъулеб къайиги.\nАхираб заманалда социалиял гьиназдасан тӏиритӏизарулел руго Россиялда чӏобогояб лъайкьеялъе ахир лъунилан бицунел харбал. Сунца рижизарурал гьел? Кинабха бугеб хӏакъикъат?\nМаргьаби\nРФялъул Пачалихъияб Думаялъги РФялъул Федерациялъул Советалъги, лъабабилеб нухалдаги цӏалун, къабул гьабуна «Проект федерального закона «О внесении изменений в отдельные законодательные акты Российской Федерации в связи с совершенствованием правового положения государственных (муниципальных) учреждений» абураб документ. Гьелъул аслияб мурад буго, пачалихъияллъун кколел лъайкьеялъулги медицинаялъулги идарабазде унеб бюджеталъул гӏарац тӏокӏлъизаби. Цо-цо депутатазул пикруялда рекъон, гьезда тӏад харж гьабулеб гӏарцул кинабгӏаги хайир щолеб гьечӏо пачалихъалъе. Масала, цебелъураб законалъе баян кьолаго, Пачалихъияб Думаялъул председателасул заместитель Надежда Герасимовалъ гьадин абуна: «Жакъа жиндир хӏакъалъулъ бицине бугеб законалъул проекталъул аслияб мурад буго бюджетиял идарабазул реформа гьаби, ай гьез гьарулел пачалихъиялги муниципалиялги хъулухъал камил гьариялда цадахъго гьел хьезариялде унеб бюджеталъул гӏарац тӏокӏлъизабиялъулги. Проекталъ рихьизарурал тадбираздалъун хисизабизе ккола 328 азарго бюджетияб идара, гьезда гъорлъ буго 25 азарго федералиябги 303 регионалиябгун муниципалиябги идара», — ян. Законопроекталъул автораз абулеб буго щибаб бюджетияб идараялъ хӏаракат гьабизе кколин жибго жинцаго хьезабизе, ай пачалихъиял субсидиязукьа эркенлъизе. Гьелъул мурадалда, школалъул администрациялъ ратизе ккола «счеталде гӏарац бачӏинабулел нухал». Гьеб бачӏине буго гӏарцухъ пуланал хъулухъал тӏуразаруни, масала, пачалихъияб стандарталда бихьизабураб дарсазул заманалде тӏадеги мухьдахъ дарсалги кьун.\nГьеб законалъул проект къабул гьабун хадуб байбихьана бицине 2019 соналдаса нахъе школалъул лъайкьеялъухъ гӏарац кьезе кколин цӏалдохъабазул эбел-инсуцаян абун. Масала, пачалихъалъ хьезабизе буго цо чанго дарс кьей – гӏурус мацӏалъул, математикаялъул, ингилис мацӏалъул ва физкультурая-лъул. Хутӏарал дарсазухъ кьезе ккезе буго гӏарац. Гӏарцухъ малъизе руго факультативалги, пуланаб предметалъул гъваридаб лъайги, батӏи-батӏиял кружокалги. Кинаб дарсихъ чан гъуруш босилебали хӏукму гьабизе ккола школалъул администрациялъ.\nЦо лъимер цӏализабуралъухъ эбел-инсуца кьезе ккезе буго лъагӏалида жаниб, цо моцӏалъухъ 6-7 азарго гъурушги хӏисабалде босун, 54-70 азарго гъуруш. 11 соналъул лъайкьей хӏисабалде босани – 630 азарго гъуруш. Байбихьул школа хутӏизе бегьула чӏобого лъай кьолеб бакӏлъун. Хисизе гьечӏо гьенир кьолел дарсалги гьезул къадарги.\nГьединаб закон къабул гьабун хадуб, кинаб божилъи хутӏилеб улкаялъул Конституциялъ щивав гражданинасул ихтиярал цӏунулин абураб пикруялда? Гьединал суалаздалъун лъугӏула социалиял гьиназдасан тӏиритӏизарулел гӏемерисел харбалги.\nХӏакъикъат\nУлкаялъул хӏукуматалъ чӏезабуна школалъ гӏарцухъ гьарулел хъулухъазул къагӏида. Абизе ккола: цӏалдохъабазул эбел-инсул чвантинире гьел раккулел гьечӏо. Пачалихъияб стандарталда чӏезабураб лъаялъул къадар цӏалдохъабазе щвезе буго чӏобого – гьелъухъ гӏарац кьезе буго пачалихъалъ. Гӏурус мацӏ, адабият (литературияб цӏали), математика, физика, химия, биология, история, обществознание (экономикагун ва правогун цадахъ), искусство (музыка, ИЗО, МХК), технология (труд), физическая культура, география, природоведение (окружающий мир), къватӏисел улкабазул мацӏ, рахьдал (гӏурус гуреб) мацӏ ва адабият, информатика ва ИКТ, ОБЖ, цереккунго гӏадин, малъизе руго чӏорого. Амма стандарталъ бихьизабураб къадаралда. Гьелдаса тӏаде арал сагӏтазухъ (дарсазухъ) гӏарац босизе буго цӏалдохъабазул эбел-инсухъа. Гьединаб ихтияр кьолеб буго школалъе. Цӏалдохъабазул хитӏабалда рекъон, школалъ гӏуцӏизе бегьула хасал курсал, факультативал, пуланаб дарсил гъваридаб лъай кьолел дарсал, амма гьелъухъги гӏарац кьезе ккола эбел-инсуца. Кинал дарсал цӏалдохъабаз тӏасарищулел, бажарулищ школалъул администрациялъухъа гьел дарсал малъизе рес кьун ва чан гъуруш гьелъухъ кьезе бугеб цӏалдохъабазул эбел-инсуца – гьел суалазе жавабал ратула школалъул администрациялъги умумузул советалъги. Щибаб хӏукмуялда бан, хӏадурула хасаб къотӏи ва гьелда гъоркь гъолбасула администрациялъги умумузул советалъги. Къотӏи гьабула, пуланаб хъулухъ жиндие хӏажат бугилан разилъарав щивав цӏалдохъанасул вакиласулгун (заказчикасулгун). Гьеб къотӏиялдаги мухӏканго хъвала щивасда тӏалъулел тӏадкъаял.\nЦӏияб законалда рекъон, гьабураб къотӏи хвезабизе ихтияр букӏине гьечӏо гьелда гъоркь гъолбасаразул. Масала, стандарталдаса тӏадеги гӏурус мацӏалъул дарс кьеянги гьарун, гьелда рекъезабураб къотӏиялда бихьизабураб дарсазухъ багьа бахинабизе ихтияр гьечӏо школалъул администрациялъул. Гьеб бахинабизе рес кьола гӏицӏго инфляция цӏикӏкӏиналъ.\nХӏасил-калам, эбел-инсуда лъазе ккола, РФялъул Конституциялда рекъон, гьезул лъималазе чӏобого кьола пачалихъияб стандарталда рекъонкколеб къадаралъул лъай. Улкаялъул аслияб закон хисизабун бажаруларо цо чанго депутатасул пикруги кьочӏое босун – гьелъие рукӏине ккола кьучӏал далилалги РФялъул хӏукуматалъул вакилзабазул цӏикӏкӏарасезул разилъиги. Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, ичӏго класс лъугӏизегӏан лъималазе чарагьечӏого лъай кьезе ккола, гьебги – чӏобого. Эбел-инсуцаги социалияб рахъалъ лъимал цӏуниялъул идарабазул хӏалтӏухъабазги цадахъ лъугьун чӏезаризе ккола лъималазе лъай кьезе хӏажатал киналго шартӏал. Школалде лъимал ритӏичӏого тарал эбел-инсуе тамихӏцин гьабизе буго законалда рекъон. Кинаб къагӏида тӏасабищилеб – гьеб буго эбел-инсул ихтияр. Лъимал цӏализаризе бегьула рокъорго тун (рикӏкӏадасан цӏали), репетиторалги гӏахьал гьарун, жалго эбел-инсуца малъун – гьебмехалда лъималазе хӏажатал цӏалул алатал чӏезарула ва цӏалдохъанас бихьизабураб заманалда хъвала контролиял хӏалтӏаби, диктантал ва тӏуразарула цогидал тӏадкъаял.\nГӏарцухъ цӏали гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ харбал рижиялъе кьучӏлъун ккана школазе кьолеб букӏараб гӏарцул къагӏида хисизаби. Гьанжелъезегӏан, школалъ гьабураб харжги хӏисабалде босун, кьолаан гьелъие гӏарац, ай бецӏулаан араб харж. Гьанже гьеб кьола субсидия хӏисабалда. Гьедин щвараб гӏарац школалъул администрациялъ ре-къезабула хӏажатал бакӏазде харж гьабизе. Гӏоларел рахъазе гӏарацги школалъ жинцаго балагьизе ккола. Гьединлъидал школалъе ихтияр кьун буго гӏарцухъ пуланал хъулухъал гьаризе. Гьединал хъулухъаллъун рикӏкӏуна ОГЭялде ва ЕГЭялде гӏарцухъ лъимал хӏадур гьариги, стандарталде тӏаде дарсал кьейги, байбихьул школалде лъимал хӏадуриги ва гь.ц. Гьел хъулухъазухъ щвараб гӏарац рехизе ккола школалъул счеталде ва щибаб гъуршил хӏисабги кьезе ккола, кибе гьеб хӏалтӏизабурабали кьучӏал документаздалъун баянги гьабун.\nХӏадурана\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "3406-bakhiarchil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3406-bakhiarchil-i", "title": "Бахӏарчилъи", "date": "2018-12-17 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Лъимал чияр рукӏунаро\nЯс хвасар гьаюразе баркала кьуна республикаялъул нухмалъулез\nДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов ва ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов дандчӏвана щуабилеб тӏалаялдаса гъоркье йортулей йикӏарай яс хвасар гьаюрал Тӏагьир Мухӏамадовгун ва Айдемир Къулдуевгун.\n«Гьеб буго унго-унгояб бихьинчилъи. Гьединаб лъугьа-бахъин ккезе бегьула щивасулгун, щивас жидее щвараб тарбиялда рекъараб гӏамал бихьизабула гьеб мехалда. Кӏудияб баркала буго нужееги нужер эбел-инсуеги», — ян абуна Артем Здуновас.\nТранспорталъул компаниялъул диспетчерлъун хӏалтӏулев Айдемир Къулдуевас бицана щуабилеб тӏалаялъул гордухъа гъоркье лъимер далун бугин, кумекалъе вачӏайин абун гьесде ахӏун буго маршруткаялъул водительлъун хӏалтӏулев Тӏагьир Мухӏамадовас. Гордухъа къватӏие даларай ясалъухъа бажаричӏо рокъое ххарун ва гьей гъоркье йортана. Эбелги тукаде ун, жийго цохӏо хутӏун йикӏун йиго щуго сон барай гьей яс. Лъимадуе абизегӏанасеб зарал ккечӏо, гьей хвасар гьаюразул цоясул, ай Тӏагьирил квер къуркьана. Гьеб лъугьа-бахъин бахъун буго минаялда аскӏоб лъураб видеокамераялъ ва дунялалдаго бихьанин абизе бегьула гьезул бахӏарчилъи.\n«Нужеца гьабураб иш бихьидал, дихъе ахӏун бачӏана батӏи-батӏиял регионаздаса, лъимер хвасар гьабуралъухъ киназго баркалаги кьолеб буго нужее», — ян абуна В. Ивановасги.\nРоссиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб бетӏераб управлениялъул начальник Нариман Казимахӏамадовасги тӏадегӏанаб къимат кьуна лъимер хвасар гьабуразе ва 27 декабралда, гӏадамал хвасар гьарулезул къо кӏодо гьабиялъул тадбиралде ахӏана гьел шапакъатал кьезе.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3452-teatral-ul-yas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3452-teatral-ul-yas", "title": "Театралъул яс", "date": "2018-12-24 00:00:00", "categories": ["lit"], "text": "Даим гӏолохъанго хутӏарай Сидрат\nХӏайбула Гӏабдулгъапуров:\n— Театралда гурей, цоги батӏияб хӏалтӏуда Сидрат цеечӏезайизе кӏоларо. Аваристаналдаго лъалеб лъарал чилчили гӏадаб гьелъул релъиги, лъеберго чиясул дандбараб гӏадаб гӏатӏидаб ракӏги ва цин рагӏун хадуб нилъер рекӏелъа унареб гӏадаб цӏурмилаб гьаракьги цоги кибха хӏажалъилеб, халкъул-гӏаламалъего махщелчилъи бихьизабулеб сценаялда гуреб. Гьениб, театралдалъидал ракьалда лъикӏлъи ва ритӏухълъи букӏиналъе гӏоло артистаз, хӏаракат бахъун, щибаб церерахъиналда къеркьей гьабулеб. «Ле, нуж гӏадамал, гӏадамаллъун рукӏа». Гьеб рекӏел ахӏигун букӏуна гьезул щибаб калам. Лъикӏабги квешабги гӏамал дандечӏван, битӏарабги тӏекъабги, хӏалихьалъиги хӏалимлъиги цоцалъ багъун, хӏалихьалъиги хӏалимлъиги цоцалъ къеркьон гӏуцӏараб букӏуна театралда щибаб спектакль. Багъилаб тӏасабищизе къасд жиндирго рекӏелъ гьечӏев чи, кинаб ретӏел ретӏун чияр чилъун цеве вакканиги, ралагьаразда лъала яман вукӏин.\nТӏолабго гӏумру Сидрат Мажидовалъ гьеле гьеб къеркьейгун тӏамуна. Тӏубараб кӏикъоялда анцӏила ункъо соналъ яхъана гьей сценаялде. Дун гьейгун цадахъ хӏалтӏана кӏикъоялда ункъо соналъ. Тӏоцебе, 1967 соналда дица лъураб Роман Фатуевасул «Магӏарулал» спектаклялда гьитӏинав вас Юсупил роль хӏаралдаса нахъе нижер гьудуллъи биххичӏо. Соналдаса соналде щулалъанинги ккола. Гьелъие гӏиллалъун букӏана Сидрат рекӏелъ чӏегӏерлъи гьечӏей, гьурмадаса гьими камуларей, сверухъ ругел гӏадамазе гӏатӏилъи балагьулей йикӏин. Гьелде тӏадеги, кӏудияб гьунар букӏингиха. Жеги аслияб рахъ — кӏвахӏ гьечӏолъи, хӏалтӏизе гъирагун кидаго йикӏингиха.\nЦо-цо артист вукӏуна, ясикӏо гӏадин, режиссерас абураб, бихьизабураб гурони сипаталде тӏаде жубаларев, я гьунар яги жигарчилъи гьечӏев. Цогидав абуни, жакъа жинда малъараб метер кӏочон тун, театралде вачӏуневгицин вукӏуна. Сидрат йикӏана щибаб ролалъул автор. Щибаб репетициялде гьей ячӏунаан, цо-цо цӏияб жоги ургъун. Цинги хӏалтӏулелъулги чӏечӏого щиб-щибниги ургъулей йикӏунаан. Ракӏчӏун абизе кӏола, нусгоялде бахун гьелъ хӏараб ролалъул цониги хашаб букӏинчӏилан. Гьагъаб жиндирго къокъаб черхгун, гьитӏинаб гьумергун сценаялдасан гӏадамазда цееяхъиндал, тӏасалъугьа загӏипаб дандекквеялдаса, сода бараб гурга-чед кинигин кӏодолъун ячӏунаан. Рагӏул магӏнаги магӏна-гӏин бугеб хьвада-чӏвадиги бихьун, гӏадамалги цӏакъ рази хутӏулаан.\nУмумузул бакъаналда Сидратица гьаракь биччан тараб мехалъ, дида кколаан дун восун гьелъ Кьилимегӏералда тӏад лъунилан. Къасдазул бечелъи, гӏищкъудул гуч, пикрабазул гьалдей – гьеле Сидратие Бетӏергьанас барахщичӏого кьун букӏараб рухӏияб бечелъи.\nЦоги дица абила, Сидратида кӏолаан театралда бокьараб роль хӏазе. Лъидаго кӏоларедухъ гӏолохъанаб заманалда гьелъ хӏана гьитӏинал васазул ролал. Жеги Дагъистаналда гьеб рахъалъ гьелде дандекквезецин чи лъаларо, гӏицӏго Лъарагӏ театралда П. Аселдерова гурони. Аселдеровалъул васазул ролал дида рихьулаан цодагьалго гӏантлъиялъул рахъалъ тасамахӏаллъун. Сидратица гьел хӏалаан жигарал игиталлъун ва цӏодораллъун. Хадур Сидратица хӏана гӏолохъанал багьадуразул ролал. Хӏана ралагьарал хӏайранлъиледухъ. Цинги заман щвана улбузул сипатал хӏазе. Гьеб рахъалъ жиндир черх дандекколареб бугиланги чӏун йикӏана. Хадуб гӏолохъанал, росасе арал, гьод къулун херлъарал, къокъго абуни, цереккарал хӏалаан. Хӏалаан тӏад абизе бакӏ гьечӏеб хӏалалъ, махщалида. Рехсезин гьелъул сипатал (гьал руго гьабсагӏат дида ракӏалдещварал): Гӏабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цӏаралдасан» спектаклялда – Зугьра, Мухӏамад Сулимановасул «Дурцалда» — Нану, Машидат Гъайирбеговалъул «Вехьасул намусалда» — Сидрат, Сулейман Рабадановасул «Батирай» — Патӏина, А. Макаенкол «Мацӏалда гъоркь даруялда» — Неведомая, Расул Хӏамзатовасул «Эбелалъе кечӏалда» — пионерка, Гӏабасил Мухӏамадил «Хъахӏабросулъа Махӏмудалда» — Меседо, Сергей Михалковасул «Гьурмалъ хъаталда» — Машенька, А. Гӏалиевасул «Рукӏкӏенги хечги» — Ольга, Владимир Большаковасул «Ракьалда жужахӏ» — Стайин Рислакин, «Гӏамал къосарай Эльза» — Эльза, А. Шефовасул «Магӏарулал Ленинихъ» — магӏарулай, Зарипат Атаевалъул «Роза тӏегь» — гӏанкӏ, Раисат Хубецовалъул «Эбелалъе рецц» — Ира ва анцӏ-анцӏ цогидалги ролал.\nАбадиялъ холареб цӏар гьабуна жиндирго ва жийго йижараб Хунзахъ тӏалъиялдасагун гӏагараб Шотода росулъа байбихьун Москва-Кремлялде щвезегӏан кӏудияб адабалъ ва унго-унгояб хӏурматалъ рехсолеб.\nСидрат Мажидовалъ, Россиялъул халкъияй артисткаялъ, гьаб ракьалда тана хасаб лъалкӏ.\nХӏусен Казиев:\n— Сидрат йикӏана Магӏарул театр гӏуцӏараздаги театралда рукӏарал гӏолилаздаги гьоркьоб бугеб рухьен гӏадай гӏадан. Гьей йикӏана театралда рукӏарал ва ругел гӏисинал-чӏахӏиял тунка-гӏусиязулги бергьенлъабазулги нугӏ. Гьелъие бокьулароан гӏумруялда жанир дандчӏварал захӏмалъабазул, къварилъабазул хӏакъалъулъ бицине. Гьелъул гьумер къалъун бачӏунаан театралъул хӏакъалъулъ бицунаго.\nТворчествоялъул байбихьуда Сидратица хӏана жиндирго гӏелбащадазул ролал: васазул, ясазул, маргьабалъа бахӏарзазул. Артистаз абулаан кидаго гӏисинлъималазул ролалги хӏан, ригьалде яхиндал, Сидратица лъил ролал хӏазе ругелин. Гьей кӏудияйго гӏеларин, гьелъул ургъалида рукӏунаан цо-цоял.\nСидратица хӏана дир чӏужуялъул, дун вокьулев, дие йокьуларей мадугьалалъул, къоролалъул, берцинай гӏаданалъул, херай кӏодол, хъартил ва чанго батӏи-батӏияб тайпаялъул руччабазул ролал. «Хиянатлъи» спектаклялда Сидратица хӏана Юлдузилан цӏар бугей гӏаданалъул роль. Гьеб спектаклялда хӏалаан киналго гӏолохъанал артистал. Гьел рукӏана 1970-абилел сонал. Гьеб роль хӏан хадуб Сидрат яхана унго-унгояб гьунаралъул борхалъуде. Гьеб спектаклялда гьелъ артистал ва балагьарал гӏажаиблъизаруна. Гьениб рагьана Сидратица чӏужугӏаданалъул чорхолъ рукӏине кколелщинал хасиятал. Сидрат-Юлдуз йикӏана чӏухӏарайги, чаракъосараб бакӏалда гӏодун, чияда хӏал лъазе течӏого, рекӏедаса ун елъун, жиндирго мекъи ккараб рокьи чиядаса бахчун, гьеб хӏехьезе лъалейги. Чорхол батӏи-батӏияб гӏамал-хасият хисун хӏазе кӏвей – актерасе чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго, гӏумруялъ хӏалтӏаниги, гьелде гӏемерисел артистал рахунаро. Жиндирго махщалидалъун гьелъ бихьизабуна, дол гьитӏинал васазулги ясазулги ролал хӏалей йикӏарай Сидратида божилъи гьабун, гьелъухъе щвалде щварал руччабазул ролалги кьезе бегьулеб букӏин. Гьелдаса хадуб Сидратихъ батӏиял бераздалъун ралагьизе лъугьана режиссералги артисталги.\nМаксим Горькиясул «Херав» спектаклялда гьелъ хӏараб Девица-Маринал ролалъ гьалгъазаруна балагьарал. Гьелъул Марина йикӏана согӏайги жиндирго хважаинасе хӏеренайги. Гьелъ тӏамулеб гали букӏана солдатасул гӏадаб. Ккараб бакӏалда гьардезеги лъалаан. Бакӏ-бакӏалда жанаваралъул гӏадаб хасиятги букӏунаан гьелъул. Битӏараб бицани, гьеб гьунар жиндирго чорхолъ букӏинцин лъалароан Сидратида. Гӏумруялда гьей тӏубан батӏияй йикӏаралъулха. Сценаялдасан бицунеб магӏна гьечӏеб рагӏи букӏунароан Сидратил. Магӏнаялъул тӏиндеги яккун, кколеб къиматги кьун, кьолаан гьелъ жаваб данде хӏалев артистасе. Гьеб букӏана Бетӏергьанас гьелъие кьун букӏараб гьунар. Гьединал пьесабазда рекъон ролал хӏазе ккани, къваригӏуна лъайги, махщелги, нахъаса къотӏи гьечӏеб щибабкъойилаб хӏалтӏиги.\n«Кьурдабазул мугӏалим» абураб испаниязул драматург Лопе де Вегаца хъвараб пьесаялда Сидратица хӏалаан гӏолохъанай графиня Флорелал роль. Жибго пьеса букӏана кочӏодалъун хъвараб. Рукӏана гӏемерал кучӏдул ва кьурдаби. Спектаклялда рихьизаризе кколаан доб заманалъул испаниязул рукӏа-рахъин, гӏадатал, гьезул кучӏдул, кьурдаби. Батӏияб халкъалъул кьурди лъазаби бигьаяб иш гуро. Сидрат, радалги бакъанидаги кьурдабазул репетициялде хьвадана ва хӏалтӏул хӏасилги ккана. Гьелъухъа бажарана аваданай, гӏедерай, гӏолохъанай Флорелал роль хӏан.\nЛъида бихьичӏеб «Берцинал ясал хъамулел куц» комедия. Гьениб Сидратица хӏалаан дир чӏужу Сапил роль. Магӏарухъ гьединал руччаби гӏемер руго. Лъималазул рукъги цӏурал, кинабго магӏишатги жидецаго бачунел, тӏадежоялъе, гьекъолдулев росги вугел. Спектакль байбихьаралдаса гьеб лъугӏизегӏан, Сидратица гьарзаго бихьизабуна жиндирго махщел. Лъикӏал артистазул букӏуна жидерго хатӏ. Гьезул рагъа-рачари, гьаракь батӏияб букӏуна. Гьел цогидал артистазда релълъарал рукӏунаро ва лъицаниги хисуларо. Гьединай йикӏана магӏарулазе хирияй Сидрат Мажидова.\nБуго ракӏалдаса унареб цоги комедия – «Къваригӏун йиго къоролай» абураб. Театралда гьей къоролалъул роль хӏалей цоги артистка дида лъаларо. Кочӏое махщелги бугей, махсара-хочӏги гьарзаяй, рокьи-кьалалъеги бергьарай къоролай Супа. Гӏемерисел къоролзабазул къисмат битӏккечӏеб букӏунелъул, Супаеги битӏкколаро. Гьелъул мадугьаласе Супалгун рокьи гьабизе бокьула, ячиналъул цӏар бахъиндал, тӏурун чӏола. Багьанаби, гӏиллаби гӏемерал ратула. Кутакалда мухӏканго бачуна гьелъ мадугьаласулгун хабар. Гьениб буго хӏасрат, рокьи, кьал, кечӏ. Сидратида кӏолаан жиндилъ магӏна гьечӏилан ккараб рагӏудалъунги сценаялда «цӏа гъезе».\n«Я къвал бала, я къоно чӏвала». Гьеб мелодрамаялда Сидрат йихьулаан херав, лъималаз рехун тарав Таймазил мадугьалалъул ролалда. Гьей херай гӏаданалъул ролалда Сидратица кутакалда хӏаракат бахъана артистка хӏисабалда херасул къисматалде гъорлъе яккизе. Гьеб комедиялъухъ балагьарал релъизе тӏами гуро мурад букӏараб, мурад букӏана балагьарал сценаялда лъугьунеб бугеб ишалда тӏад ургъизе тӏами. Театралъул коллективалъеги гьелдаго цадахъ Сидратиеги, балагьараз аза-азар баркала кьуна гьеб спектаклялдаса хадуб.\nКомедия цохӏо релъиялъе гӏоло хӏазе бегьуларо, релъиялда гъорлъги балагьизе ккола магӏна, тӏамизе ккола балагьарал пикру гьабизе.\nЧанги батӏи-батӏиял къисматазул руччабазул ролал хӏана Сидратица сценаялда. «Маххул чӏужугӏадан» — гьениб Сидратица хӏана гьекъолдухъан-тракторист Кучкарил чӏужу Кумрил роль. Росасего инчӏого херлъарай яс гӏадан Гьотӏочил роль хӏана «Хӏамузда рекӏарал бахӏарал» абурал спектаклялда. Кӏочон гьечӏо «Ханлъи бокьарай якьад». Ниж кире щваниги, нижеда хадуб ахӏулаан «хадусев» — абун. Гьединал ва цогидалги спектакляздаса рагӏаби балагьаразда кӏочон толаро, «автограф» гӏадин рекӏелъ цӏунун рукӏуна. Абичӏого гӏоларо «Нусал рихаразул росу» спектаклялда хӏараб, жийго херлъизе йикӏинги кӏочон тун, херай якьад кьурса гъоркье рехизе хӏаракат бахъулей йикӏарай Сургуханумил ролалъул хӏакъалъулъги. «Булбулалъул кечӏ» спектаклялда гьелъухъ букӏана больницаялъул уборщицаялъул роль. Гьеб цӏакъ релълъараб буго жакъа къоялъги больницабазда рукӏунел цо-цо уборщицабазда.\nКиб театр цебебахъунеб бугониги, Махӏачхъалаялда яги росулъ, Мажидова цадахъ йигеб спектакль кӏудияб гъираялда къабул гьабулаан, баркала кьезе аскӏоре рачӏунаан.\nМунагьал чураяв Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас гьадин бицун букӏана Сидратил хӏакъалъулъ:\n— Сидратил цӏар лъала магӏарулазда. Лъидаха рагӏичӏеб радиоялдасан кечӏ ахӏулеб гьелъул роцӏараб гьаракь:\nМесед бецӏаясул цӏахӏил буртина\nДухъ ецӏцӏулей диде цо квенчӏел баче.\nМаргъал гъинаясул гъалул сагула,\nДухъ гъаргъар барай дун гъорлъе йиччан те!\nГьитӏинго бижана Сидратилъ театралде рокьи. Кида театр магӏарухъе щваниги, хунздерил тӏалъи артистаз сверун бахъинегӏан Сидрат, хадуб хьихьараб бурутӏ гӏадин, артистазул хьолбохъа йичӏулароан. Хъалаялда лъималазул рокъоб гӏумру гьабулеб мехалъго, гьитӏинай Сидратил анищ букӏана арстисткалъун яхъине. Гьалеха тӏубана гьелъул мурад.\n40 соналъ сверана Сидрат мугӏрузул нухаздасан, магӏарулазе рохелги аваданлъиги бикьизе гӏоло. Сидратил щибаб цееяхъин рохеллъун букӏуна магӏарулазе. Театралда лъугьун гӏемер мехго иналдего, Сидратие рес щвана Москваялда театралияб институталъул магӏарул группаялде гьоркьое жуязе, гьезул дипломалъулал спектаклязда гӏахьаллъизе.\nГьениб Сидратица хӏалаан Мольерил «Скапенил пишабазда» — Зербинета, К. Гоццил «Нухъаялда» — Смерольдина. Спектаклял къабул гьарураб комиссиялъ Сидратил хӏаялъе кьуна тӏадегӏанаб къимат. Москваялда бараб цо сон лъугьана Сидратие махщел цӏубаялъе ва гьеб камиллъиялъе кӏудияб квербакъи гьабураблъун.\nЦохӏо магӏарулалъул сурат цебечӏезабулел сипатал гӏуцӏиялде гӏей гьабун чӏечӏого, Сидратица кӏудияб махщалида хӏана сценаялда западалъул классиказул асаралги. Гьелъул цееяхъин бечед гьабуна Шиллерил, Бомаршел, Шекспирил, Гольдонил, Мольерил, Горькил асараздасан хӏарал сипатаз.\nГьелъул щибалда Сидратихъа бажарана щибаб сипаталъе рекъонкколеб гӏамал-хасият кьезе. Гьеб ккола артисткаялъул творчествоялъул бергьенлъи.\nБищунго лъикӏ ккарал сипатаздасан цоял ккола Гольдонил «Кӏиго хважаинасул цо хъулухъчиялда» — Смерольдина. Сихӏирай, оборай, ургъараб жо рагӏалде бахъинабулей гӏолилай.\nЗ. Гӏалихановасул «Мугӏрузул Гӏалиялда» Задал сипаталда Сидрат йикӏана росасе мутӏигӏай, гӏамал берцинай, рекӏелъ хъублъи гьечӏей, рос Гӏалил къайи-свериялда бараб сверунжо гӏадай гӏадатияй магӏарулай. Спектаклялда жаниб Задал сипат букӏана бищунго лъикӏ ккаразул цоябги.\nАртистка Сидратил кӏудияб гьунар буго лъималазе театралъ хас гьабун гӏуцӏараб репертуаралда цееяхъине. Гӏемерисел Сидратица гӏуцӏарал сипатал рукӏана васазул. Лъималазе артисткаялъ хӏана: Таймаз Аслановасул «Заграницаялдаса гьалбал» абураб спектаклялда — хӏинкъи гьечӏев, тирияв, цӏодорав Чуанил сипат; М. Гӏабдулхаликъовасул «Гӏурччинал тӏанхазда» — чанкӏкӏарав бахьикъос Гьимат; Р. Фатуевасул «Магӏарулазда» — гьитӏинав бахӏарчи Юсуп. Артисткаялда батулаан щибаб роль гӏуцӏулеб, гьитӏичазда рекъонкколеб гӏамал-хасият.\nСидрат Мажидова гӏемер цееяхъана сценаялдасан жинцаго ахӏулел кучӏдузул программабигун. Гьей магӏарулазда лъала цохӏо лъикӏай драмаялъулай артистка гурейги, махщел бугей кочӏохъан хӏисабалдаги. РСФСРалъул мустахӏикъай артистка Сидрат Мажидова йиго жийго заргӏанасей, гьунар зобгӏанасей. Шототӏа росулъ гӏурай, Гӏараниб хъалаялда цӏаларай, Магӏарул театралда тарбия щварай, барахщи чорхолъ гьечӏей, гьудул-гьалмагъ хирияй халкъалъул копол устар.\nШамай Хъазанбиева:\nСоветияб гӏелалъул лъималазе бищунго гӏагарай адалъун лъугьун йикӏана Сидрат Мажидова. Ясли-ахаздаги школаздаги гьез ахӏулаан: «Дир гӏадинаб бурутӏ лъилго бугебдай» абураб кечӏги. Гьединазда гьоркьой йикӏана дунгоги. Дицаги ахӏулаан гьеб, Сидратица радиоялдасан ахӏулелъул, хӏухьелккун гӏенеккулаан гьеб кочӏохъ. Нижер, гӏисинлъималазулцин, гъира букӏунаан, Сидрат гьоркьой йигеб Магӏарул театр росулъе бачӏиндал, гьелъухъ ралагьизе ине.\nЦинги — лъималазе рихьизарулел пьесабазда гьелъ хӏарал ролал гьанжеги ракӏалда руго.\nГӏуна дун кӏудияй. Кӏудияй гӏунагӏан, гӏагарлъулей йикӏана дие гьей хӏикматай чӏужугӏадан. Кинха гьелда хӏикматайилан абилареб — лъимерлъи лъималазул рокъоб арай, бесдаллъиялъ къвал барай, къварилъиялъ еэдарай гьей даим рази йикӏунаан Тӏадегӏанас жиндиего кьураб гӏумруялдаса. Киназухъаго гуро бажарулеб къисматалъул карачелазде данде лъедон. Бажарана гьеб Сидратихъа. Гьелда жиндирго талихӏги къисматги батана рукълъунги, гӏумрулъунги, лъимерлъунги хутӏараб театралда.\nДидаги лъалаан Сидрат. Нижер лъай-хъвайги ккана, Сидратги кӏодолъарай, дир ботӏрол расазда гӏумруялъ савуги бекӏкӏулеб мехалъ. Бугониги, гьеб дагьабго замангицин гӏуна дие гьей рекӏелъ цӏунун хутӏизе. Гьелъул кӏаркӏариялъ киналго захӏмалъаби кӏочене гьарулаан.\nМагӏарул театралда букӏараб миллияб маданияталъул ва адабияталъул цо дандеруссиналда Сидратица абуна:\n— Я Аллагь! Магӏарулаз хӏатӏал чӏаралъур, тӏугьудул рижаги, — йилан.\nДица гьеб гьари-рахьи гьанжеги гӏемер ракӏалдещвезабула.\nМагӏарулазе Сидрат хутӏана даим бечӏазе гьечӏеб, махӏ берцинаб тӏегьлъун.\nХӏурматиял магӏарулал! Нилъер Сидрат гьаюралдаса 13 декабралда тӏубалаан 80 сон. Баркула даим гӏолохъанго хутӏарай театралъул ясалъул юбилей киналго магӏарулазда."}
{"slug": "3453-khiisab-sualal-e-tsiak-aj-asiyat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3453-khiisab-sualal-e-tsiak-aj-asiyat", "title": "Хӏисаб-суалалъе цӏакъай Асият", "date": "2018-12-24 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Малайзиялда тӏобитӏараб къецалда лъабабилеб бакӏ ккуна магӏарулалъ\nДагьал церегӏан къоязда Дагъистаналдаса цӏалдохъаби бергьенлъигун тӏадруссана Малайзиялъул тахшагьар Куала-Лумпуралда тӏобитӏараб менталияб арифметикаялъул рахъалъ (ракӏалда чӏезабун хӏисаб гьаби) дунялалъулго чемпионаталдаса. Арифметикаялъул къеркьеялъулъ гӏахьаллъана 80 батӏияб пачалихъалдаса 12000 лъимер. Чемпионаталда лъабабилеб бакӏ ккуна 11 сон барай Асият Гӏумаровалъ.\nЧемпионаталъул къецал рикьун рукӏана лъабго бутӏаялде ва гьезул цоябги букӏана ингилис мацӏалда. Хӏисабалъулъ бищунго хехал тӏасарищулеб хӏалуцараб къеркьеялъулъ кӏиабилеб бакӏ щвезе кӏиго балл камуна Асиятие. Ucmas программаялда рекъон, ракӏалдаса тархазул масъалаби гьаризе кколаан гӏахьалчагӏаз.\nАсият Гӏумарова цӏалулей йиго Махӏачхъалаялъул «Развитие» лъайкьеялъулаб центр» НОУялда. Ичӏго сон баралдаса нахъе байбихьана гьелъ арифметикаялъул масъалаби гьаризе ругьунлъизе.\nАсият Гӏумаровалъул тӏоцебесеб бергьенлъи гуро гьеб. Исана Испаниялда тӏобитӏараб, менталияб арифметикаялъул къецалда Европаялъулаб чемпионаталда кӏиабилеб бакӏ ккун букӏана гьелъ. Гъоркьисалаги гьей гӏахьаллъана менталияб арифметикаялъул тӏолгороссиялъул къецазулъ ва лъабабилеб бакӏ ккун букӏана гьенибги. Дагъистаналда, апрель моцӏалда тӏобитӏун букӏараб гьединабго къецалда Асиятица тӏоцебесеб бакӏ ккун букӏана.\nАсиятил эбел Жамиля Гӏумаровалъ бицана ясалъе цӏакъ бокьулин менталияб арифметикаялъул къагӏида, гьединго кӏвар кьолин немец мацӏалдеги.\n«Малайзиялда тӏобитӏараб чемпионаталда нижеца лъай-хъвай гьабуна Германиялдаса гӏахьалчагӏазулгун, гьез Асият гьоболлъухъеги ахӏана. Гьеб букӏана кӏудияб тадбир. Микьго минуталда жаниб 200 пример гьабизе кколаан лъималаз. Цӏакъ хӏалуцараб ахӏвал-хӏал букӏана, киназухъаго гуро гьединаб захӏмат хӏехьон бажарулеб», — ян бицана Ж. Гӏумаровалъ.\nАсиятица кӏудияб гъирагун лъазабулеб буго немец мацӏ. Кватӏичӏого Гетел цӏаралда бугеб институталда немец мацӏ лъаялъул рахъалъ экзамен кьезе буго Асиятица. Гьелда ракӏалда буго программистлъун яхъинеги.\nМенталияб арифметикаялъ рекӏехъе хӏисабалъул масъалаби гьаризе гуребги, ургъизе, ракӏалда жо чӏолеллъун лъугьине кумек гьабула. Гьеб къагӏидаялде лъимал ругьун гьарула 5-12 сон базегӏан. Гьеб ригьалдаса арал лъималазда ракӏалда жо чӏезаби дагьаб хӏинцго букӏунин рикӏкӏуна гӏалимзабаз. Гьединлъидал, менталияб арифметикаялде ругьун гьарурал 5-12 сон барал лъимал, бокьараб масъаялда ва бокьараб дарсида цогидаздаса хехго бетӏер хӏалтӏулеллъун рукӏуна.\nМалайзиялда тӏобитӏараб чемпионаталда, Россиялдаса 27 лъимер гӏахьаллъун букӏана. Малайзиялда тӏобитӏараб гьеб чемпионаталда тӏоцебесеб бакӏ босана Махӏачхъалаялъул № 38 школалда цӏалулев, 12 сон барав Мухӏамад Кагировас, кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Чачан Республикаялдаса цӏалдохъан.\nПатӏимат\nСултӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3489-tokhturasulgun-nak-it", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3489-tokhturasulgun-nak-it", "title": "Тохтурасулгун накъит", "date": "2018-12-28 00:00:00", "categories": ["med"], "text": "Гӏинкъасдаги кӏола рагӏизабизе\nЛъабго миллион чияс гӏумру гьабулеб Дагъистаналда вукӏине ккола лъеберго сурдолог\nДагъистаналда гӏинкъал ва гӏинда бакӏал гӏадамазул къадар тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго. Гьелъие ругел гӏиллабазул, гьеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялъе гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул клиникияб больницаялъул №2 оториноларингологикияб отделениялъул заведующий, республикаялъул бетӏерав отоларинголог Юнускъади Жамалудиновасулгун.\n— Юнускъади, бокьилаан къокъго гьел масъалабазул хӏакъалъулъ бицани.\n— Тӏолгодунялалъул сахлъицӏу-ниялъул гӏуцӏиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, дунялалда вуго 70 миллион гӏинкъав чи. Гӏинда бакӏазул къадарин абуни жеги цӏикӏкӏараб буго. Цоги, дунялалъул халкъалъул 17 проценталъул букӏуна гӏундузда жаниса лъугӏиго гьечӏеб сас. Россиялда вуго гӏинда бакӏав 13 миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи, гьездаго гьоркьоб — миллион лъимерги. 1000 лъимада гьоркьоса цо лъимер букӏуна тӏубанго гӏинкъаб.\n— Щиб жо кколеб сурдология?\n— Сурдология абулеб латин рагӏиялъул магӏна ккола гӏинкълъи абураб. Сурдологиялъул аслиял масъалабиги ккола гӏинкълъи ва гьелда хурхарал кӏалъаялъул гӏунгутӏаби сахгьари, гьединго рагӏиялъул гӏунгутӏаби ругел чагӏазе медицинаялъулаб, педагогияб ва социалияб къагӏидабазда унтудаса хадуб сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе кумек гьаби.\n— Дагъистаналда кин гӏуцӏун бугеб сурдологияб хъулухъ?\n— Республикаялда хӏалтӏулеб буго ункъо сурдологияб кабинет ва гьенив хӏалтӏулев вуго анлъго тохтур-сурдолог. Медицинаялъулаб стандарталда рекъон, лъабго миллион чияс гӏумру гьабулеб Дагъистаналда вукӏине ккола лъеберго сурдолог. Анлъго сурдологасдаса щугояв хӏалтӏулев вуго Махӏачхъалаялда, цояв — Дербенталда. Гьединлъидал, гӏинда бакӏал чагӏазе захӏмалъулеб буго сурдологасухъе рачӏине, гьелдаса пайда босулеб буго коммерциязул гӏуцӏабазги. Гӏарацги босун, гьез тӏаде босулеб буго гӏинда бакӏал ва гӏинкъал инвалидазул цӏех-рех гьабиялъул ва гьел сахгьариялъул жавабчилъи.\n— Гӏинда бакӏлъиялъул масъала бугев чи сурдологасухъе кин вачӏине кколев?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьес хитӏаб гьабизе ккола гӏумру гьабун вугеб бакӏалъулаб поликлиникаялъул оториноларингологасухъе. Гьес хал-шал гьабула ва, направлениеги кьун, чӏахӏиял чагӏи ритӏула республикаялъул клиникияб больницаялъул консультативияб поликлиникаялде. Гьенир гьел кӏиго сменаялда тӏаде къабул гьарула тӏадегӏанаб лъай-махщел бугел сурдологаз. Лъималин абуни ритӏула лъималазул гӏемеррахъазулаб больницаялъул поликлиникаялде.\n— Циндаго гӏинкълъиялъе кинал гӏиллаби рукӏине бегьулел?\n— Циндаго гӏинкълъиялъе рукӏине бегьула гьал хадур рехсарал гӏиллаби:\n1. Вирусазул загьруял жал ургьимесалъулъе ккей.\n2. Дарабазул загьруял жал ургьимесалъулъе ккей (антибиотикал, гьединго кӏващ бачӏинабулел ва гьор инабулел дарабазул квешаб хӏасил.\n3. Бидурихьазул гӏунгутӏаби (би бакъван лъугьараб горо, эмболия, бидурихь букӏкӏин).\n4. Ругъун.\nГӏинкълъизе бегьула инфаркт ва инсульт ккун хадубги.\n— Гӏинда лъолел протезал чӏорого лъие кьолел?\n— Гӏинда бакӏав чиясе рагӏиялъул аппараталъ кумек гьабула сверун ругел гьаркьал, сасал рагӏиялъе ва бицунеб жо бичӏчӏизе. Гьелги рукӏуна батӏи-батӏиял.\nГьел чӏорого кьола инвалидазе, гӏинда бакӏал цогидал чагӏаз жидецаго росизе ккола. Рагӏи рагӏизабулеб аппарат чӏобого щвезе ккани, пациентас хитӏаб гьабизе ккола сурдологияб кабинеталде, гьениб цӏех-рехги гьабун, медицинаялъулаб хӏасилги босун, витӏула социалияб рахъалъ хьезариялъул фондалде, гьенисаги рагӏиялъул академиялде (коммерциялъулаб идара). Гьениб гьесие кьола аппарат, гьелдаса битӏун пайда босизе ругьунги гьавула РКБялъул консультативияб поликлиникаялда вугев инженер-слухопротезистас. Цебего заман щун буго гьеб аппарат цо бакӏалдаса кьолеб къагӏида гьабизе ва рагӏиялъул гӏунгутӏаби ругел унтаразе сахлъи рукӏалиде ккезабиялъул центр гӏуцӏизе.\n— Щиб жо кколеб аудиологикияб скрининг?\n— Аудиологикияб скрининг ккола хӏакъикъияб къагӏидаялъул цӏех-рехаздалъун гӏинда рагӏиялъул даража чӏезаби. Тӏоцебесеб бутӏаялда гьединаб халгьаби тӏобитӏула роддомалда, лъимералъ 3-4 сордо-къо байдал. Кӏиабилеб бутӏа — лъималазул поликлиникаялда такрар гьабиялъулаб халгьаби — лъимералъ 4-6 анкь байдал. Лъабабилеб бутӏа – диагностикияб цӏех-рех гьабула сурдологияб централда лъимералъ лъабго моцӏ балелде. Гьединал цӏех-рехаз рес кьола гӏинда рагӏиялъул гӏунгутӏи чӏезабизе ва жиндир заманалда сахгьариялъулалгун профилактикиял тадбирал тӏоритӏизе.\n— Бажарулищ тӏубанго гӏин-кълъарал чагӏазе кумек гьабун?\n— Бажарула. Масъала тӏубала кохлеарнияб имплантациялъ. Кохлеарная имплантация абула тӏубанго гӏинкъал чагӏазул гӏинда рагӏи цӏигьабиялъул тадбиразул системаялда. Гьелда гьоркьобе уна щуго батӏияб ва цоцада гьоркьоб бухьен бугеб бутӏа:\n1. Жибго аппарат (кохлеарный имплант ва каламалъул процессор), хӏукуматалъ гьеб чӏобого кьола.\n2. Гӏинкълъиялъул цӏех-рехги гьабун, гьеб аппарат лъезе унтарав тӏасавищи.\n3. ВМП программаялдалъун имплант лъеялъул операция гьаби.\n4. Каламалъул процессор рекъезаби ва хӏалтӏизе биччай.\n5. Гӏинкъасда цӏидасан гьаркьазул сигналазда нахъгӏунтӏизе малъи. Лъабго сонил ригьалде бахиналдего лъимадуе гьабуни, гьелъул лъикӏаб хӏасилги ккола.\n— Гӏинкълъиялъул масъала бугел чагӏазе гьаб заманалъул кумек гьабиялъе дуца нухмалъи гьабулеб отделениялъе чара гьечӏого хӏажатаб жо щиб бугеб?\n— Нижее чара гьечӏого къваригӏун буго микроскоп. Гьелъул кумекалдалъун бажарула операциял гьаризе. Гьединал операциязул сияхӏги халатаб буго. Аслияб къагӏидаялда гьел ккола гӏинда рагӏи лъикӏлъизабулел операциял. Микроскоп бугони, нижехъа бажарула 200-300 операция гьабун.\nЦебе нижеца кохлеарная имплантация абулел операциязда-лъун гӏинкъал чагӏазе гӏинда рагӏи тӏадбуссинабулаан. Жакъа гьединал операциял федералиял центразда гьарулел руго. Гъоркьиса нижеца, квотаби кьун, гьениве витӏана 100 унтарав. Операциялдаса хадуб саламатаб заманалда гьел пациентазул сахлъи рукӏалиде ккезабизе ккола. Гьезда малъизе ккола гьаракь-сас рагӏизе. Гьенир рукӏуна психологиял лахӏзаталги, сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе хӏажалъула 12 специалист.\nГьединаб операциялдаса хадуб сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе къваригӏунеб хӏалтӏи республикаялда жеги гӏуцӏун гьечӏо. Чанго нухалъ нижеца гьеб суал борхана. Нилъер\nрегионалъе чара гьечӏого хӏажат буго гӏинда рагӏиялъул сахлъи цӏуниялъул центр гӏуцӏизе. Жакъа 150 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чиясе хӏажат буго гьединаб централда сахлъи рукӏалиде ккезабизе.\n— Гӏинкълъиялдаса цӏуниялъе кинал тадбирал тӏоритӏизе кколел?\n— Тӏоритӏизе ккола хадусел тадбирал:\n— мегӏералъул ва щекъералъул унтаби жиндир заманалда тӏатинари ва гьел сахгьари;\n— гӏундул унтиялдаса цӏуниялъул мурадалда, рокъоб, ясли-ахазда ва школазда лъималазда хадуб кидагосеб халкквей чӏезаби;\n— завод-фабриказда букӏунеб кӏудияб хъуй-сасалдаса ва сородиялдаса цӏуниялъе, рагӏиялъул даражаялъе зарал кколаредухъ, профилактикиял тадбирал тӏоритӏи;\n— рахунел унтабаздаса, хасго лъимаде ругел руччаби краснухаялдаса цӏуни.\nНаушниказги гьабула гӏинда рагӏиялъе зарал. Захӏмат букӏуна наушниказдасан кинаб къувата-лъул сас-гьаракь бугебали лъазе. Гьединлъидал хӏинкъи букӏуна рагӏиялъул нервалъе зарал ккеялъул. Сордо-къоялда жаниб 60 минуталдаса цӏикӏкӏун заманалъ наушникал хӏалтӏизаризе лъикӏаб букӏунаро.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3491-uneb-sonal-rekiel-taral-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3491-uneb-sonal-rekiel-taral-asaral", "title": "Унеб соналъ рекӏелъ тарал асарал", "date": "2018-12-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Баркула, магӏарулал, тӏаде щвараб Цӏияб сон\nДагъистаналъе ва дагъистаниязе гӏезегӏанго кӏвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букӏана 2018 сон.\nПолитикияб рахъалъ ракӏалда чӏолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетӏерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. Цӏигьабун гӏуцӏана республикаялъул хӏукумат. Артем Здунов тӏамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кӏвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В. Путин вачӏин. Гьелъ рес кьуна хадубккун республика цебетӏеялъул аслиял рахъал дандразеги\nДагъистаналъе ва дагъистаниязе гӏезегӏанго кӏвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букӏана 2018 сон.\nПолитикияб рахъалъ ракӏалда чӏолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетӏерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. Цӏигьабун гӏуцӏана республикаялъул хӏукумат. Артем Здунов тӏамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кӏвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В. Путин вачӏин. Гьелъ рес кьуна хадубккун республика цебетӏеялъул аслиял рахъал дандразеги гьелъие кумек гьабизеги.\nГьаб сон дагъистаниязе, хасго нилъер миллаталъе чӏухӏилъун лъугьана Хӏабиб Нурмухӏамадов дунялалъул чемпионлъун вахъиналда банги. Гьесул бергьенлъиялъ Дагъистаналъул цӏар жеги лъикӏ рагӏизабуна дунялалдаго.\nХалкъазул ракӏазе кӏудияб асар гьабураб ишлъун ккана рахьдал мацӏазде хӏукуматалъ гьабулеб бугеб хашабго бербалагьиги. Дагъистана-лъул Халкъияб Собраниялъ, гьеб суал гьоркьоб лъун, бахӏсал гьаруна. Божилъи буго ахӏвал-хӏал лъикӏлъизе батилин абураб."}
{"slug": "3493-2019-sonalda-shchib-khiral-ize-bugeb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3493-2019-sonalda-shchib-khiral-ize-bugeb", "title": "2019 соналда щиб хиралъизе бугеб?", "date": "2018-12-28 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мискинчиясул чвантида битӏахъе нацӏ базабулеб буго\nЦентробанкалъул баяналда рекъон, 2019 соналда хиралъизе руго нигӏматалги къайиги. Гьелъие гӏиллалъунги рикӏкӏунеб буго 5,5 проценталъ инфляция бахине рес букӏин. Лъагӏалил ахиралдайин абуни гьеб, цо чӏараб ва гӏадатаб 4 проценталде бачӏине буго.\nЛъагӏалил тӏоцебесеб бащалъиялда бичулеб къайиялде тӏаде бахъулеб гӏарцуда лъолел налогал цӏикӏкӏине руго.\n1 январалдаса нахъе НДС цӏикӏкӏине буго 18-20 проценталде щвезегӏан. Гьелдалъун батӏи-батӏиял кванил нигӏматал хиралъизе руго, автомобилазул, ретӏел-хьиталъул, техникаялъул\nва цогидалги нигӏматазулгун къайиялъул багьаби цӏикӏкӏине руго.\nНалогал цӏикӏкӏинариялъ, 75 процент къайиялъул ва хъулухъазул хиралъизе буго. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб буго РФялъул Экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъги. Цо-цо социалияб тайпаялъул нигӏматаздагун къайиялдайин абуни, кидаго гӏадин, льготабазда рекъон, 10 процент гурони НДС лъоларо. Гьел ккола лъималазе къайи, цо-цо дараби, тӏахьал, цо-цо кванил нигӏматал (хӏан, щарил нах, ханал ва цогидабги).\nТӏолгодунялалъулго банкалъ (ВБ) гьабураб хӏисабалда ре-къон, НДС цӏикӏкӏиналъ, гӏадамаз бичулеб жоялде бачӏунеб хайирги 0,8-0,9 проценталъ гӏодобе ккезе буго. ВБялъул цӏех-рехазда бицунеб буго гьеб ахӏвал-хӏалалъ пенсия хисизе гьечӏин.\nКоммуналиял хъулухъал\nРоссиялда санайил коммуналиял хъулухъазухъ кьезе кколеб багьа хиралъула. 2019 соналдайин абуни коммуналиял хъулухъазухъ багьаби рахине руго кӏиго нухалда — тӏоцебесеб январалда ва тӏоцебесеб июлалдаса нахъе, 1,7 ва 2,4 проценталъ.\nТӏасияб соналдаса нахъе цӏикӏкӏине буго рищни-къул нахъе баччаралъухъ кьезе кколеб мухьалъул къадарги. 2019 соналдаса нахъе цӏияб къагӏидаялда бакӏаризеги батӏа гьабизеги бугелъул туруларебги цогидабги рищни-къул.\nБензин\nРоссиялда бензин хиралъизе байбихьана ихдалидасаго нахъе. Гьебги чӏегӏернартил багьаялдацин бараб букӏинчӏо. Бензин ва дизелалъул цӏатари хиралъизе буго хадусеб соналъги. Гьеб бараб букӏине буго 1 январалдаса нахъе акцизал цӏикӏкӏиналда. Дизелалъул цӏатариялъе акциз цӏикӏкӏине буго 2700 гъурушалъ, бензиналъул тоннаялъухъ – 3700 гъуруш. Хӏисабалъул палатаялдаги лъазабун букӏана, акцизал цӏикӏкӏиналдалъун цӏатариялъухъ багьа цӏикӏкӏине бугин.\nБензиналъухъ багьа хиралъизе буго 31 марталдаса хадуб. Цӏатариялъул рынокалда багьа цого къагӏидаялда цӏуниялъе гӏоло гьабун букӏараб къотӏиялъул заман лъугӏула 31 марталдаса хадуб. Чӏегӏернарт бичулезулгун хӏукуматалъ къотӏи гьабун букӏана, цадахъго босулеб мехалда, цӏатариялъухъ багьа учуз гьабиялъе.\nБензин хиралъи бараб букӏине буго цогидаб къайи ва нигӏматал хиралъиялдаги.\n«Киналго нигӏматазде тӏаде бахъун букӏуна гьеб баччара-лъухъ (транспортировка) багьаги. Гӏемерисеб къайиялъухъ тӏолалго регионазда 7-10 проценталъ багьа цӏикӏкӏине буго. Рикӏкӏадал регионаздайин абуни цӏикӏкӏун хиралъизе руго нигӏматал. Хиралъизе руго чед, макаронал, росдал магӏишаталъул нигӏматал», — ан баян гьабулеб буго Россиялъул финансовиял директоразул клубалъул вице-президент Тамара Касьяновалъ.\n2019 соналъул тӏоцебесеб июлалдаса нахъе индексация гьабизе буго «Платон» мониторингалъул къагӏидаялъулги.\nТранспорт\nРоссиялда гӏадат буго санайил жамгӏияб транспорталъухъ гӏарац цӏикӏкӏинабулеб. Автобусазул ва цогидабги транспорталъул билетазухъ багьа бахиналъул ва цо багьа чӏезабиялъул иш бараб букӏина бакӏалъул нухмалъулезда…\n2019 соналда, авиакеросин хиралъиялда бан, хиралъизе бегьула авиабилетазухъ багьаги.\nТӏасияб соналъ хиралъизе буго бухьеналъул хъулухъги. Цо-цо регионазда байбихьун буго рукъалъулаб Интернет хиралъизе. Гьебги бараб буго НДС цӏикӏкӏиналда.\nЯнваралъул байбихьуда Россиялда долларалъул багьа бахине буго 70-72 гъуршиде.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3552-pashmanab-khabar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3552-pashmanab-khabar", "title": "Пашманаб хабар", "date": "2019-01-14 00:00:00", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "Варис Нуров\n31 декабралда, 62 сонил ригьалда Аллагьасул къадаралде щвана машгьурав шагӏир, композитор, лъикӏав инсан Варис (Валисулав) Нуров. Гьев гьавуна Гъуниб районалъул Гӏобох росулъ. Гӏуна гӏадатияб, анлъго вац ва цо яц ругеб кӏудияб хъизамалда. Гьезда гьоркьов Варис вукӏана бищун гьитӏинав.\nУнкъо класс лъугӏизегӏан цӏалана Гӏобох росдал школалда. Гьелдаса хадуб, хъизан Гъизляр районалде гочиналда бан, цӏалана Кардоновка росдал школалда. Школа лъугӏун хадув цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул Готфрид Хӏасановасул цӏаралда бугеб музыкалияб училищеялде. 1976-1978-абилел соназда хъулухъ гьабуна армиялда. Кӏудияв сержантасул чингун тӏадвуссиндал, гьоркьоб къотӏизе тун букӏараб цӏали рагӏалде бахъинабуна. Цӏалун вахъиндал, хӏалтӏизе витӏана Гъуниве. 1980 соналдаса нахъе Варис хӏалтӏана Гъуниб районалъул культураялъул управлениялда. 1981 соналда Варис витӏана гӏагараб росулъе культураялъул рукъалъул директорлъун. Гьенив хӏалтӏулаго, хъвалаан кучӏдул, бакънал, хӏаракатаб гӏахьаллъи гьабулаан районалдагун республикаялда тӏоритӏулел культуриял тадбиразда. Варис Нуров ккола 250 бакъаналъул автор.\n1990 соналда Гъуниб ва Махӏачхъалаялда тӏоритӏана шагӏирасул творческиял сардал. Анлъго соналдасан къватӏибе бачӏана «Кунчӏараб цӏва» абураб кучӏдузул мажмугӏ. Гьебго соналъ тӏобитӏана кӏиабилебги творческияб сордо, ва гьев кӏодо гьавуна «ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏарги кьун. 2009 соналде щвезегӏан хӏалтӏана росулъ ва цинги тӏамуна Гъуниб районалъул культураялъул управлениялъул начальниклъун.\nАхирал соназда хӏалтӏана «Дагъистан» РГВКялда журналистлъун. Гьесул хӏаракаталдалъун хӏадур гьарурал районалъул машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ видеофильмал хутӏила рухӏияб нахърателлъун. Гьев кколаан «Меседилал чӏваби» проекталъул нухмалъулевлъунги. Варис Нуровас басмаялда бахъизе хӏадур гьабун букӏана «Дуниялги ахиратги» абураб иргадулаб кучӏдузул тӏехьги.\nГьев мустахӏикълъана анцӏ-анцӏ грамотабазеги дипломазеги, имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тӏубаялъул хӏурматалда кьун букӏана меседил медальги. Гьанжегӏагар мустахӏикълъун вукӏана «Ватӏаналда цере гьарурал хъулухъазе гӏоло» орденалъеги «Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи» абураб хӏурматияб цӏаралъеги. Амма бищунго кӏудияб шапакъатлъун Варисие букӏана рекӏелъ иманги бугев, намус-яхӏги гӏаданлъиги цӏунаравлъун живго ватиги, лъикӏав инсан хӏисабалда жив лъалевщиназ къабул гьавулев вукӏинги.\nАллагьас гьев, гӏамал берцинав ва гӏаданлъи цӏикӏкӏарав, лъикӏав инсан алжан насибазда гьоркьове ккезавеги.\nГьудул-гьалмагъзабазул къокъа"}
{"slug": "3554-tarikhal-va-khiuzhabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3554-tarikhal-va-khiuzhabi", "title": "Тарихал ва хӏужаби", "date": "2019-01-14 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "50 нухалъ цӏикӏкӏун\nКьишни нахъе босаралъухъ багьа бахинабуна\nЖКУялъухъ, ай минаялъулгун коммуналияб хъулухъалъухъ, кьолеб гӏарац цӏикӏкӏана 2019 соналда. Пачалихъияб Думаялъул экологиялъул комитеталъ абулеб буго гьеб анцӏ-анцӏ нухалъ цӏикӏкӏинабизе бугинги.\nКьишни нахъе баччаралъухъ кьолеб гӏарац унаан «Содержание и ремонт жилого помещения» абураб пункталде гъорлъе. Гьелъухъ багьа босулаан, квадратияб метралъул хӏисабги гьабун. Масала, цо-кӏиго чияс жаниб гӏумру гьабулеб бугониги, 70 квадратияб метралъул минаялъул бетӏергьанас гьелъухъ гӏарац кьолаан 35 квадратияб метр бугесуласдаса, гьениб щуго-анлъго чияс гӏумру гьабулеб бугониги, дагьаб къадаралда. Бичӏчӏулеб батила, кӏигоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб бакӏалда кьишниги цӏикӏкӏун букӏунеблъи.\nГьеб хӏужаги кьочӏое босун, депутатазда ракӏалде ккана ритӏухълъи чӏезабизе. Гьез загьир гьабуна, пуланаб рокъоб гӏумру гьабулев чиясул хӏисабги гьабун, кьишниялъухъ мухь босизе кколин абураб пикру. Пуланаб идараялъухъа босулеб мехалда хӏисабалде босизе буго гьенир хӏалтӏулел гӏадамазул къадар.\nКьишниялъухъ багьа босулаго, кьочӏое босизе буго кӏиго далил: муниципалияб нухмалъиялъ чӏезабураб кьишни данде бакӏариялъул нормативги кьишниялъул цо кило нахъе босиялъухъ регионалияв операторас чӏезабураб тарифги. Регионалияв операторги тӏасавищула бакӏалъул нухмалъиялъ. Цӏияб соналдасан багьа цӏикӏкӏинабиги бараб букӏине буго рехсараб кӏиябго далилалъухъ багьа бахинабиялда.\nКьишниялъул норматив\nНормативал чӏезаризе байбихьана 2016 соналда. Цо чияс, лъагӏалида жаниб гӏумру гьабулаго, кигӏанасеб кьишни гьабулеб – гьелда рекъон чӏезабула норматив. Гӏадамаз гӏумру гьабулеб бакӏалъухъаги гьел хӏалтӏулел идарабазухъаги босулеб нормативги букӏуна батӏи-батӏияб. Гьел нормативал батӏи-батӏиял руго щибаб регионалда.\nМасала, Дагъистаналъул тарифазул хъулухъалъул баяналда рекъон, кьишни нахъе баччаралъухъ багьа чӏезабун гьечӏо – гьеб иш тӏалъула гьеб хӏалтӏи гьабулел компанияздаян абулеб буго гьез. Рехсараб хъулухъалъул сайталда лъун буго гьадинаб суал: «Дир буго ижараялъе босараб партал бичулеб тукен. Гьелъул гӏаммаб гӏатӏилъи буго 30 квадратияб метр, дармил бакӏалъул гӏатӏилъи – 18 кв.м. Дир тукенги буго цогидаб минаялда жаниб. Бегьулищ дица, гӏаммаб минаялъулалда цадахъ гуреб, батӏаго гӏарац кьезе кьишниялъухъ? Кинаб бугеб тариф? Нужер сайталда дида ратичӏо тарифал хъван», — илан.\nКьун буго гьадинаб жавабги: «Законалда рекъон, кьишни баччи кколаро пачалихъалъ рекъезабулеб иш. Гьеб буго конкуренциялъулаб хӏаракат ва гьелъул багьаги чӏезабула гьеб хъулухъ тӏубалеб идараялъ, потребителасулгун гьабураб къотӏиялда рекъон», — илан.\nИнтернеталъул гьурмал хъирщараб мехалда, цебечӏолеб буго гӏажаибаб сурат. Масала, бакӏалъул нормативазда рекъон, Ставрополь краялда бугеб тукадул щибаб квадратияб метралдаса лъагӏалида жаниб къватӏибе баччулеб буго кьишниялъул 383 кг, Астраханалда – 250 кг, Калининградалда – 165 кг, Пенза областалда – 84,2 кг, Ростов областалда – 297 кг, Омск областалда – 43,8 кг ва Алтаялда – 13,6 кг.\nЦӏиял нормативазда рекъон, гӏадамазул къадаралде кьишниялъухъ багьа рекъезабулеб бугони, Москваялда босизе буго цо чиясухъа 90 гъуруш, Санкт-Петербургалда – 85,38 гъуруш, Иркутскалда – 87,5 гъуруш, Краснодаралда – 97,32 гъуруш, Иваново областалда – 88 гъуруш. Гьебги – кьишни батӏаго бакӏарулеб бугони. Гьелъул мурадалда къватӏазда лъезе ккола батӏи-батӏиял къалал: кванил нигӏматазул хутӏелазеги, кагътиеги, цӏорол цӏарагӏалъегун цӏералъеги, батӏабахъичӏеб кьишниялъеги.\nАбулеб буго, кьишниялъухъ гӏарац бакӏариялъул къагӏида хисизабиялъе кьучӏлъун кканин экология хашлъулеб букӏин. Экспертазул баяназда рекъон, гӏемертӏалаяб минаялда гӏумру гьабулев щивав чиясул моцӏида жаниб данделъула кьишниялъул 0,751 кубическияб метр. Лъагӏалил хӏисаб гьабуни, гьеб ккола 2,1 кубическияб метр. Амма кьишниялъул гьеб къадаралъ экологиялъе гьабулеб зарал мухӏканго чӏезабун бажаруларо, щайгурелъул щибаб шагьаралъул хаслъи букӏуна. Батӏи-батӏияб букӏуна кьишниялъул заралги щивасул кьишниялъул роцен чӏезабулел къагӏидабиги.\nАмма, кьишниялъухъ гӏарац бакӏарулаго, жеги хӏисабалде босула шагьаралъул къватӏазда лъурал къалаздаса кьишни данде гьабиги, гьеб шагьар тун къватӏибе щвезабиги, пуланаб бакӏалда гьеб букъиги. Гьелъухъ унеб харжги бегизабулеб буго гӏадамазул гарбазде. Щайгурелъул нилъехъа бакӏарараб гӏарцухъ гьеб хӏалтӏиги гьабула, хӏалтӏухъабазе харжалги кьола, машинабазе хӏажатал алаталги росула, цӏатариялъухъги кьола. Гьеле гьел хӏужабазде мугъги чӏван, чӏезабула кьишниялъухъ тарифги.\nКиб ва кигӏан\nРегионазда чӏезабун буго батӏи-батӏиял бакӏаздаса кьишни баччаралъухъ батӏи-батӏияб багьа. Масала, лъималазул ахикьа, цо лъимадул хӏисабги гьабун, лъагӏалида жаниб къватӏибе рехулеб буго: Камчаткаялда – 186 кило, Ставрополь краялда – 181, Ростов областалда – 177, Киров шагьаралда –61 ва Владимир областалда – 48. Бищунго дагьаб буго Ленинград областалда – 43,5 кило лъагӏалида жаниб.\nГьелдасаги дагьаб кьишни бакӏарулеб буго рехсарал регионазул лъайкьеялъул идарабазда. Калининградалда гьеб гӏаксалда буго: лъималазул ахалдаса – 96 кг, амма цӏалдохъабазул яги студентазул – 130 кг; Алтаялда – 81,4 кг, Ставрополь краялда – 68, Иваново областалда – 53, Владимиралда – 34, бищунго дагь – Ленинград областалда – 12,4 кг.\nЩай гьедин кколеб бугеб? Гьеб суалалъе жаваб гьечӏо.\nКинго бичӏчӏуларо АЗСазухъ босулеб кьишниялъул багьаги. Цо машинаялъе бакӏалъухъ балагьун, Ленинград областалда лъагӏалие чӏезабун буго 1950 килоялъул норматив, Ростов областалда – 1696, Иваново областалда – 1320, Омск областалда – 167, Пенза областалда – 28 ва Кировалда – 27,2. Кин бакӏарулеб гьебгунияб кьишни заправкаялда? Гьениб гьечӏо кинабгӏаги производство. Бензинги къолонибе тӏола ва гьениса – машинабазде. Кинаб кьишни букӏунеб гьениб?\nКафе-столоваязе чӏезабун буго жеги гӏажаибаб норматив. Щибаб кафеялда бугеб цо бакӏги хӏисабалде босун, Ставрополь краялда чӏезабун буго лъагӏалида жаниб кьишниялъул 543 кг, Ростов областалда – 446, мадугьалихъ бугеб Астрахань областалда – 53,8, Владимир областалда – 244, Омск областалда – 162, Алтаялда – 68 ва Кировалда – 240. Батӏа-батӏагойищ квен гьабулеб щибаб регионалда? Яги цо регионалда гӏадамаз бащдаб гъадринибго тун, цогидаб регионалда тӏубанго кунищ бахъинабулеб?\nПарикмахерскаязулги буго гьединабго батӏалъи. Алтаялда, парикмахерскаялъул цо чиясе бакӏги хӏисабалде босун, лъагӏалил норматив бахуна кьишниялъул 227 килоялде, Ростов областалда – 680 килоялде, Ставрополь краялда – 597, амма Астрахань областалда гӏицӏго 32. Астраханалде киналго тӏохӏокал ракӏарун ругеб къагӏида.\nБагьабаз хӏанчӏулеб буго\nКьишниялъухъ гӏарац босиялъул цӏияб къагӏида хӏалтӏулеб буго 2019 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Цо-цо регионазда гьелъухъ босулеб багьа цӏикӏкӏана 50 нухалъ. Гьелда бан, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Владимир Бурматовас загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Красноярск краялъул Туруханалъул технологияб зонаялда гӏумру гьабулеб лъабго чи вугеб хъизамалъухъа гьанже босула 13 азарго гъуруш (цебе кьолаан 230 гъуруш), ай багьа цӏикӏкӏана 56 нухалъ. Ямал районалда гӏумру гьабулеб гьединабго хъизамалъ кьезе буго 63 гъуршил бакӏалда кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун гъуруш, ай 33 нухалъ цӏикӏкӏун. Ингушетиялда кьишниялъул багьа бахана 18,5 нухалъ, Гъоркьияб Новгород областалда – 17 нухалъ, Астрахань областалъул Харабалин районалда – 9,6 нухалъ, Курган областалда – микьго нухалъ, Пермь краялъул Юрлин районалда – 6,6 нухалъ, Коми Республикаялда – 5 нухалъ, Иркутск областалда – 4,4 нухалъ, Воронеж областалда – 4 нухалъ», — ан."}
{"slug": "3555-gazeta-tarikhal-ul-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3555-gazeta-tarikhal-ul-nukh", "title": "Газета — тарихалъул нух", "date": "2019-01-14 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "13 январь — Печаталъул къо\nБасма хӏисабалда, газет-журналазда сверухъ батӏи-батӏиял бахӏсал унел руго гьанже. Интернеталъул гӏасруялъ газетал церетӏеялъе нухал къазе ругин абулелги руго, газета кидаго тӏагӏине гьечӏин ракӏчӏаралги дагь гьечӏо. Европаялъул улкабаз нугӏлъи гьабулеб буго цӏалдолел газетазде тӏадруссине рукӏиналъе. Гьел улкабазда къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго газетал хъвалел. Нилъер гьанир гьабсагӏаталда гӏемерал гӏадамал руго Интернеталъул «гӏатӏилъабазда», гьеб заманалъул «унти» бугин хьулазда басмабиги руго. Лъаларо гӏумруялъ щиб нилъеда бицинебали, амма лъала Интернеталда рахьдал мацӏалда дур халкъалъулги, умумузулги, гӏадат-гӏамалалъулги бицунареблъи. Россиялда тӏоцебесеб газета къватӏибе бачӏаралдаса исана тӏубала 316 сон, Дагъистаналда — 140 сон. Газетал къазе ругин ахӏи букӏана радио баккаралдасаги, хадуб телевидение баккаралдасаги, гьанже гьеб эстафета щун буго Интернеталъухъе. Ракӏалда буго гӏасруялъ магӏарул халкъалъул тарих цӏунун къватӏибе бахъараб нилъер газета жеги нус-нус соназ цӏунун хутӏилин. Гьеб бараб буго заманалда ва технологиязда гуреб, гӏицӏго нилъеда – магӏарулазда."}
{"slug": "3556-l-agialil-khiasilal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3556-l-agialil-khiasilal", "title": "Лъагӏалил хӏасилал", "date": "2019-01-14 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ана тарихалде иргадулаб сон\nЦо хӏалкквечӏеб, хӏалуцараб, гӏемер батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназдалъун гьарзаяб букӏана нилъеца нухда тӏобитӏараб 2018 сон дунялалдаги, улкаялдаги, республикаялдаги. Америкаялъул Цолъарал Штатазул гӏамал кӏудияб, кӏигьумерчилъиялъулаб политикаялъ квешаб асар гьабулеб буго инсанияталъулго парахалъиялъе. Сириялъул законияб хӏукуматалъул разилъи гьечӏолъиялъул санги гьабичӏого, террористазда данде рагъулел ругинги абун, гьелъул гӏаксалда, террористазул рахъги ккун, Сириялъул ракьалда рагъул базабиги ран чӏун руго американал. Жидер пикруялда хадур унарел, унго-унголъунги терроралде данде къеркьолел ругел Россиялде, Ираналде, Китаялде данде гьарулел руго экономикиял санкциял. Гьайгьай, гьел санкцияз Россиялъул экономика, гӏумру хадубккунги цебетӏеялъе асар гьабичӏого толеб гьечӏо. Гьедин букӏаниги, Россиялда гӏумруялде рахъинарулел руго чӏахӏи-чӏахӏиял экономикиял проектал – Керчалъулаб проливалда тӏасан Крымалъул бащдаб чӏинкӏиллъиялде бан лъугӏана стратегиялъулаб кӏвар бугеб кьо, рагӏалде бахъунеб буго Европаялъул улкабазде газалъул рогӏрал лъеялъул иш, Турциялде ва гьенисан Балканазул пачалихъазде бачунеб буго газ. Гӏадатияб халкъалъ цо хӏалалда къабул гьабичӏониги, 2018 соналда къабул гьабуна пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялъул законги.\nДагъистаналда, кватӏун гӏуцӏаниги, цӏияб хӏукуматги гӏуцӏана. Дагъистаниязул хьулал рукӏана республикаялъул хӏукумат тӏубанго цӏиял чагӏаздасан хьезабураб букӏине батилин абураб. Гьедин ккечӏо, хӏатта, республикаялъул цӏияб хӏукуматалде щив кканиги, хиса-басиял ккеялда божилъи гьечӏолъиялъ, халкъалъ гьабулеб цо кӏудияб ургъелги бихьулеб гьечӏо.\nКоррупциялде, ришватчилъиялде данде рагъ лъазабун буго республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас. Жавабиял хъулухъазда рукӏарал гӏезегӏан хӏакимзаби жанир тӏамуна. Къого-лъеберго соналъ бичча-бихъан тараб, цӏакъго гъварилъуде кьалбал араб гьеб «унти» сахлъизабизе кӏвеладай? Хьулги божилъиги, дагьаб букӏаниги, хутӏун буго халкъалъул.\nМагъало бакӏариялъул рахъалъ мадараб хӏал бугин абулеб буго республикаялда. Гьеб лъикӏ буго, бакӏарараб гӏарац нухал къачӏаялде, росабалъе газ бачиналъе, хӏалтӏул бакӏал гӏуцӏиялъе, харжал, пенсиял цӏикӏкӏинариялъе хӏалтӏизабулеб бугони.\nГьебго заманалда лъикӏал хӏалтӏабиги лъугьа-бахъиналги камун гьечӏо республикаялда. Аваро-Кахетиялъул нухда, Анцухъе щвезегӏан къачӏан гӏатӏид гьарун нухазде хъил тӏуна, Чӏарада, Цӏумада районазул нухазда хъил тӏун рагӏалде бахъунеб буго, тӏадран унел руго хӏалтӏаби халкъалъул гӏарцухъ бахъулеб бугеб Бузнаса нухдаги. Гьединго халкъияб къагӏидаялъ нухал къачӏалел руго магӏарул районазул цо-цо росабалъе. Гъоркьиса Астраханалдаса Каспийскалъул флотилия рехана Каспийск шагьаралде. Гьениб нилъер нус-нус чиясе хӏалтӏизе бакӏал щвеялдеги хьул буго.\nАраб соналда гӏатӏидго кӏодо гьабуна магӏарул цо-цо шагӏирзабазул, гӏалимзабазул, пачалихъиял хӏаракатчагӏазул, Кавказалъул рагъул бахӏарзазул, ай тарихалда цӏарал тарал дагъистаниязул юбилеялги.\nМагӏарулал рохизаруна лъабабилеб нухалъги эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъарав Гӏабдулрашид Сагӏадулаевас, кӏиабилеб нухалъ чӏел босарав Мухӏамадрасул Гъазимухӏамадовас, квержубараб рагъул UFC-ялъул рахъалъ Россиялдаго тӏоцебе чемпионасул рачел босарав Хӏабиб Нурмухӏамадовас ва цогидалги нилъер багьадурзабаз. Гьезул рахъалъ ва цогидалги магӏарулазул гӏумруялда кколел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталъ кидаго хъвазеги хъвала. Хъвала ва хъвазе буго магӏарухъа гӏадамал лъарагӏлъиялде гочунел рукӏиналъ росаби мигьлъулел рукӏиналъул, гьенир школал ва цогидалги социалиял идараби къалел рукӏиналъул, миллияб мацӏалъеги, хаслъиялъеги кколеб бугеб заралалъулги. Школазда дагь гьарун руго рахьдал мацӏ малъиялде кьолел сагӏтал, цо-цо эбел-инсуцаги кӏвар кьолеб гьечӏо лъималазда рахьдал мацӏ малъиялде. Миллаталъул аслулъун ккола рахьдал мацӏ. Гьеб цӏуниялъул гъанситолъун буго росу. Гьединлъидал магӏарул росабалъ гӏадамазе санагӏатал шартӏал гӏуцӏизе ккола. Гьелъул хӏакъалъулъ гьоркьоса къотӏичӏого хъвазе буго газеталъ хадубккунги.\nХъвана ва хъвазе буго нилъер цебесеб тарихалъул, адабияталъул ва маданияталъул, гьелъул хӏаракатчагӏазул хӏакъалъулъги."}
{"slug": "3559-gara-chivari", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3559-gara-chivari", "title": "Гара-чӏвари", "date": "2019-01-14 00:00:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Умумузул квартӏа-хъалахъ кӏочонге\nМацӏ цӏуни гӏицӏго хъизамалде рехун тезе бегьуларин рикӏкӏунеб буго Мухӏамад Гӏисаевас\nГьал къоязда нижеца гьоболлъухъ ахӏун вукӏана республикаялъул Пенсиялъул фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏисаев. Гьев хӏалтӏана республикаялъул нухмалъиялда, районалъул бетӏерлъун ва бизнесалда. Лъала гӏадамал ва гӏумру. Гьесулгун нижер хабар ккана гьабсагӏат миллаталъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьеб гара-чӏвариялъул гьитӏинабго бутӏа кьолеб буго гьаниб.\nСуал: Гьабсагӏаталда дунялалдаго чӏахӏиял мацӏаз «кӏкӏунел» ругин абизе бегьила гӏисинал мацӏал. Нилъер ахӏвал-хӏал цо дагьаб батӏияб буго, Дагъистаналда гӏемерал мацӏал рукӏиналъ квалквал гьабулеб буго рахьдал мацӏ цӏунизе. Гьеб захӏмалъиялъул бицинего бицинароан, бищун квеш ккараб жо буго мацӏ лъугӏулеб букӏин нилъедаго унтулеб гьечӏолъи. Дур пикруялда, щиб гьабизе кколеб мацӏ цӏунизелъун?\nМ: Цӏакъ захӏматаб суал буго, щиб гьабизе кколебали цо течӏого чиясда лъала, амма лъан гӏолароха, цӏунизеги ккола. Цӏунизе ккола хъизамалда, жамагӏаталда.\nДица гӏемер абула мацӏ нилъее Тӏадегӏанас кьураб шапакъат бугин, гьеб бицунгутӏи хӏакъ цӏикӏкӏараб мунагь кколин. Гьеб жо бичӏчӏулев гӏемерав чи хутӏун гьечӏоха. Жакъа аслияб къагӏидаялъ бицуна гӏурус, кӏвар кьола ингилис мацӏалде. Рахьдал мацӏин абуни бесдалаб гӏадин хутӏун буго. Жакъа киниялдаса байбихьун, хъизамалда, кӏудиял эбел-инсуца, улбуз гъасда бицунеб гьечӏо рахьдал мацӏ. Гьеб буго тӏоцебе дирги дида релълъарал гӏемерал магӏарулазулги мекъаб иш. Масала, чачанал мажгитаздаги, ясли-ахалдаги, школаздаги, жамагӏатаздаги кӏалъала гӏицӏго чачан мацӏалда. Жидерго халкъалдаса, мацӏалдаса чӏухӏун рукӏуна гьел. Битӏараб бицани, рекӏелъ жахӏдацин бижула. Нилъер гьанир гӏемерал мацӏал рукӏиналъ киназго гӏурус мацӏалъ кӏалъазе хӏаракат бахъула. «Хӏакъикъат» газеталъул коллектив буго гӏицӏго магӏарул мацӏ, миллияб тарих, магӏаруллъи цӏунун церерахъунел чагӏи. Ниж — хъулухъчагӏи цо дагьал регӏичӏого, гьелде кӏвар кьечӏого хутӏаниги, нужеца ниж рагъа-рачаризе гьарун — зинкӏун, хӏанчӏун – кин гьабунги нижги халкъги рекӏеда ратизаризе ккола.\nСуал: Абула хъизаналда бицани, цӏунун хутӏулин мацӏилан. Амма гӏицӏго хъизаналда бицараб мискинаб мацӏалъ, тарих, маданият, адабият лъалеб гьечӏони, цӏунун мацӏ хутӏилин абураб жоялда дун божуларо. Рахьдал мацӏалъул бечелъи лъаларо гьеб мацӏалъул адабияталъул бечелъи, умумузул тарих, миллияб гӏадат-гӏамал лъалеб гьечӏони. Гьелде кӏвар кьолеб хъизан къанагӏат гурони дандчӏваларо. Пачалихъалъул хасаб программаги гьечӏого нилъерго гӏадамазе бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏиги гьабичӏого, мацӏ цӏунун хутӏиялда щаклъулей йиго дун…\nМ: Битӏараб буго. Нилъеца рокъоб бицунеб даражаялда гурони, лъималаздаги гьеб лъазе гьечӏо. Лъикӏаб даражаялда мацӏ лъазе ккани, гьелда сверухъ гӏезегӏан хӏалтӏи гьабизе ккола. Гьабсагӏат гьеб хӏалтӏи гьабулеб гьечӏеблъи щивасда лъала.\nРакӏунтун гьеб иш цебе бачунев цевехъан вукӏине ккола республикаялда, районалда, щибаб росулъ ва хъизамалда. Щай нилъеца гьединаб хӏалтӏи гьабичӏого тун бугеб? Гьеб суал кьолеб буго дица диегоги киналго магӏарулазеги.\nЗаман щун буго нилъее гьединаб ишалъе данде ракӏаризе.\nСуал: Гӏадамал жакъа кантӏизаризе кӏвечӏони, метер иш хисизабун бажаруларо. Амма гьеб бигьаяб масъала гуро. Гьанже гӏемерав чи гочунев вуго шагьаралде, гьанир шартӏал лъикӏал ругелъул. Шагьаралде гочунеб гӏолохъанаб хъизаналъ жидерго лъимералда рахьдал мацӏ лъаялъул суал цебелъолебго гьечӏо. Магӏарул мацӏалъ тӏубалеб къваригӏел батулеб гьечӏо гьесда гьаниб гӏодоблъиялда.\nГьеб заманалда росулъги мацӏ цӏуниялъул суал борхулебго гьечӏо. Гьенибги гьитӏинаб къоялдаса «хъулухъ тӏубалеблъун» ккун буго гӏурус мацӏ.\nМ: Гӏадамасе магӏишат гьабизе къваригӏуна мацӏ. Гӏурус мацӏалъ жиндаго тӏаде босун буго гьеб хъулухъ. Магӏишат гьабизе гӏадамал гьукъун бажариларо нилъехъа, гьеб битӏунги букӏинаро. Росабалъа шагьаралде гочунгеян кин абилеб, гьесги магӏишат гьабизе кколелъул. Цере росабалъ рукӏарал заводал-фабрикал къана, гӏаммал магӏишатал риххана, жидеего санагӏалъаби гьаричӏого гӏадамал чӏелищ? Дун гьелда тӏад гӏемер ургъула.\nЦебе Махӏачхъалаялдаса Болъихъе щвезе тӏубараб къо унаан, жакъа кӏиго сагӏаталда жанир щола гьенире. Ургъараб мехалъ гӏемераб цебетӏей буго цебеялда дандеккун гьанже. Гьедигӏанго малъкъосун халкъги гьечӏо. Амма нилъ магӏарулал нилъерго гӏадатаздасаги нилъерго мацӏалдасаги нахъе кӏанцӏун чӏун руго. Цебе цониги школа букӏинчӏо магӏарул мацӏ малъулареб. Цоял жал магӏарулал гурин чӏун руго, цогидал гӏиллаби ралагьулел руго, мацӏин абуни лъугӏун бахъунеб буго.\nГӏемер пикру гьабула дицани бицунин магӏарул мацӏ, дир лъималазги бицунин, лъималазул лъималазда лъаладайин гьаб мацӏ дун хвелелдейилан. Пикру гьабулеб гьечӏо рухӏияб рахъалъул, бечелъиялда хадур лъугьун руго нилъ.\nЦӏияб сонги тӏаде щваралъул, дагъистаниязе гьаризе бокьун буго щулияб сахлъи, нилъерго умумуз кьун букӏараб квартӏа-хъалахъ — нилъерго магӏарул мацӏ цӏунизе малъизе ва цебетӏезабизе тавпикъ ва ракӏазулъ иман. Иман рекӏелъ гьечӏони, лъикӏал нигатал тӏурачӏого хутӏула. Магӏарул росабалъ умумузул минаби цӏигьаризе рес бугеб, росдал годекӏаби хин гьаризе гъира цӏикӏкӏараб, лъималазул кинидахъ эбелалъул рахьдал мацӏалда кучӏдул цӏикӏкӏараб, кӏудиясул адаб гӏемераб, шапакъатазул цӏураб батаги нилъее Цӏияб сон."}
{"slug": "3600-tokhturasuka-nechoge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3600-tokhturasuka-nechoge", "title": "Тохтурасукьа нечоге", "date": "2019-01-21 10:09:06", "categories": ["med"], "text": "Унтиялъе аслияб гӏилла – витаминал гӏунгутӏи\nНилъ, гӏадамал, руго батӏи-батӏиял. Цоял, кигӏан хинго бугониги, квачан холел ругилан зигардула. Цогидалин абуни, кигӏанго цӏорораб къоялъги, хинлъулел ругин гаргадула. Гьелъие руго батӏи-батӏиял гӏиллабиги. Жакъа бицен гьабулеб буго гьезул цо-цоязул хӏакъалъулъ.\nНуж кидаго рагӏарулел ругони…\nКъаси кьижизе регараб мехалда хинлъиялътӏад юргъан базе кӏоларого рукӏуна цо-цоял. Хасел щведалги, тӏеренаб ратӏлилъ хьвадула гьел. Гьеб батизе бегьула ирсалъе щварабги. Амма рукӏуна гьелъие цогидал гӏиллабиги:\n1) Чӏужугӏадан лъимаде йигони.\nГьел хинлъула, рагӏарула, кигӏан квачараб бакӏалда ругониги. Аскӏор ругел квачалел ругониги, гьел хинлъи хӏехьезе кӏоларого лъугьуна.\n2) Кофе гӏемер гьекъолеб бугони.\nГьелъ чорхол цӏа-кан бахинабула. Имбирь, корица, куркума ва цогидалги специял хӏалтӏизарулезеги хинго букӏуна.\n3) Чорхол хӏалуцараб хӏал (стресс) бугони.\nТохлъукьего чорхол хӏал хӏалуциналъги ракӏ хехго кьабизе лъугьуна, цӏа-кан цӏикӏкӏуна. Гьелъул хӏасилалда чорхолъ багӏариги цӏикӏкӏуна.\n4) Цо-цо дараби хӏалтӏизаридалги, нилъ рагӏаризе лъугьуна.\nМасала, антибиотикал, кванирукъалъул ва депрессиялде данде ругел дараби.\n5) Мукъур (щитовидная железа) лъикӏ хӏалтӏулеб гьечӏони.\n6) Хӏалбихье пихъ, ччугӏа, рахьдал нигӏматал гӏемер хӏалтӏизаризе. Бищунго лъикӏаб буго, эндокринологасухъе раккани.\nНуж кидаго квачалел ругони…\n1) Макьу гӏолеб гьечӏони яги чорхол хӏалуцараб (стресс) хӏал бугони.\nХӏаракат бахъе хӏалхьи, рахӏат гьабизе. Макьил низам хвезабуге.\n2) Мукъур (щитовидная железа) загӏипго хӏалтӏулеб бугони.\nКидаго квачан рукӏин гуребги, черхалъул цӏайиги цӏикӏкӏуна, бакӏ-бакӏги гьорола, гӏадалнахги лъикӏ хӏалтӏуларо, ракӏалда жо чӏейги загӏиплъула, мукъуралъул хӏалтӏи букӏине кколеб даражаялда гьечӏони.\n3) Анемия.\nГемоглобин дагьаб бугони, квачазе гьарула, гьурмал кьертӏун букӏуна, бетӏер сверизабула, рас хӏулула.\nГӏемер квине лъикӏаб буго гӏеч, гӏурччинаб гречка, тӏул, пихъал, овощал.\n4) Мукъсанаб кванай.\nГӏемерисезе гӏураб къадаралда щолел гьечӏо цо-цо витаминал. Гьезул бакӏалда хӏалтӏизарулел руго дараби. Нилъер черхалъейин абуни, витаминал къваригӏуна кванида цадахъ. Гьединлъидал квине ккола батӏи-батӏиял пихъал, овощал, цӏулакьо…"}
{"slug": "3601-mukhiamad-tankaev-gavuraldasa-100-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3601-mukhiamad-tankaev-gavuraldasa-100-son-tiubayalde", "title": "Мухӏамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон тӏубаялде", "date": "2019-01-21 10:13:07", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Освенцималъул ва Бзежинкаялъул бахӏарчи\nИсана 27 январалда 74 сон тӏубала фашистаз гӏуцӏун рукӏарал Освенцим ва Бзежинка концлагерал советияб аскаралъ эркен гьаруралдаса\nМухӏамад Танкаев гьавуна 1919 соналъул 25 октябралда Гъуниб округалъул Гӏурада росулъ (гьанжесеб Шамил район). Цӏалана Буйнакскалъул рабфакалда, Гъуниб колхозазул гӏолилазул школалда. Дагьаб заманалъ хӏалтӏана Къахӏиб школалда учительлъун. 1939 соналда Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталда лъабабилеб курсалда цӏалулев вукӏарав чи, гӏарзаги кьун, цӏализе лъугьана Краснодаралъул рагъулабгун лъелазул училищеялде. 1941 соналъул 16 июналда училище лъугӏун хадув аскаразда хъулухъ гьабизе лъугьана гӏолохъанав офицер. Взводалъул командир М. Танкаев, училище лъугӏун анкь иналде, Кӏудияб Ватӏанияб рагъги байбихьун, фронталде ккана. Рагъул соназда гьес нухмалъи гьабуна взводалъе, ротаялъе, полкалъе.\nВатӏанияб рагъ М. Танкаевасе лъугӏана подполковникасул чиналда.\nРагъдаса хадуб 1948 соналда лъугӏизабуна М. В. Фрунзел цӏаралда бугеб, 1960 соналда СССРалъул рагъулал къуватазул Генералияб штабалъул академиял.\nВукӏана полкалъул командирлъун, СССРалъул гьаваялъул десантазул аскаралъул командующиясул тӏоцевесев заместительлъун, хадусел соназда – Белоруссиялъул рагъулаб округалъул командующиясул заместительлъун, Одессаялъул рагъулаб округалъул командующиясул тӏоцевесев заместительлъун.\n1968-1973 соназда Польшаялда Северияб группаялъул аскаразул командующий ва Рагъулаб советалъул член.\n1973-1974 соназда — СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул киналго цӏалул идарабазул Бетӏераб Управлениялъул начальник.\n1974-1978 соназда Варшавалъул къотӏи-къаялъул цолъарал рагъулал къуватазул ГДРялъул армиялда вугев главнокомандущиясул вакил. 1978-1988 соназда Москваялда рагъулаб институталъул начальник. Гьесие кьун руго Ленинил, Октябралъул Революциялъул ункъо Багӏараб Байрахъалъул, кӏиго тӏоцебесеб даражаялъул Кӏудияб Ватӏаниб рагъул, Багӏараб цӏва орденал, гӏемерал медалал. Гьединго генерал-полковник М. Танкаевасе кьун руго Польшаялъул, ГДРалъул, Болгариялъул ва Монголиялъул орденал. 1958 соналда гьесие кьуна генерал-майорасул, 1963 соналда генерал-лейтенантасул, 1969 соналда генерал-полковникасул чинал. Мухӏамад Танкаев хвана 1998 соналъул апрель моцӏалда. Вукъун вуго Гӏурада росулъ.\n1980 соналъул ихдал Польшаялъул Краков шагьаралда рагъулал ветераназул комитеталъ гӏуцӏун букӏараб халкъазда гьоркьосеб манифестациялде ахӏун букӏана СССРалдасаги делегация. Гьелъие бетӏерлъи гьабулеб букӏана генерал-полковник Мухӏамад Танкаевас.\nГьенире рачӏун рукӏана Европаялдасаго немцазул лагеразда рукӏарал асиралги. Гьениб кӏалъазе рагӏи кьуна 1945 соналъул 27 январалда гьеб лагерь эркен гьабураб 400-абилеб полкалъул командирлъун вукӏарав Танкаевасеги. Кӏалъана гьенир Освенцималъул жужахӏалдаса хвасарлъаралги. Гьеб къоялъ гьенир рукӏарал туснахъазда, жал хвасар гьарураб полкалъул командир Мухӏамад Танкаев вукӏараблъи лъайдал, гьев сверун ккуна парангазги, поляказги, гӏурусазги, греказги, жугьутӏазги ва гьенире рачӏун рукӏарал батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабазги. Пашманал лъугьа-бахъинал ракӏалдещвезариялъул гьеб дандчӏваялда, биялъ чурарал къватӏазухъги балагьун, цо херав гӏурусас рикӏкӏараб кочӏол куплеталъ гӏажаибаб асар гьабула Танкаевасе.\nАза-азар рикӏкӏун\nчӏваразул биялъ,\nГьаб гӏатӏилъиялъул\nганчӏал чурана.\nАмма аза-азар хвел бачӏаниги,\nТушманасда цере\nкъуркьизе чӏечӏо.\nХвалил лагерь эркен гьабурал тӏоцересел минутаздаго Танкаевасда аскӏове вачӏуна херлъиялъ тату хварав, букӏкӏ-букӏкӏараб гьумералъул, хӏалихъе хьвадулев цо гӏурусав. Цӏех-рех гьабидал, гьев ватула Дагъистаналдаса Григорий Васильевич Сарафанов, жеги 39 сон тӏубачӏев гӏолохъанчи. Хадуйго Танкаевасда аскӏое ячӏуна кӏалдиб цониги ца хутӏичӏей, херлъиялъ къулараб мугъалъул, гӏазухъахӏаб ботӏрол расалъул кӏодо. Гьейги ятула, захӏмат-гӏакъубаялъ кӏвекӏаниги, жеги 19 сон гурони тӏубачӏей гӏадан.\nЛъималазул блокалде щведал, гьений Мухӏамадида ятула Смоленскалдаса кӏиго сон барай Галя Прохорова, Витебскалдаса 12 сон барав Гриша Жуков, Югославиялдаса Иосиф Броз Титол яцалъул вас Олег Миндач – гьевги Киевалдаса гӏурусалъул васасул вас.\n1945 соналъул январь моцӏалда Танкаевасухъе бачӏуна командованиялъул буюрухъ: Освенцималда ва Бзежинкаялда хвалилал лагеразда ругел асирал эркен гьареян.\n«Нижехъе щварал баяназда рекъон, Освенцималъул туснахъазул цо бутӏа бакътӏерхьуде битӏун, цогидал чӏван ва газалъул камерабахъ гъанкъун, лагерь бугеб бакӏ лъаларедухъ ракьалдаса лъугӏизабизехъин буго. Дуда тӏадаб буго, 472-абилеб полкалъул командир Беспрозванийгун цадахъ, 27 январалдаса кватӏичӏого концлагералъул асирал эркен гьаризе. Ракӏалда чӏезабе, нужер тавакалалда бараб буго чанго азарго чиясул гӏумру».\nДивизиялъул командир Красавин\n— Цебелъураб суал букӏана цӏакъго захӏматаб, — ан хъвалеб буго Мухӏамадица жиндирго ракӏалдещвеязда.\n25 январалъул рогьалилъ байбихьула лагерь эркен гьабиялъул операция. Немцазги дандечӏей гьабулеб букӏана. Кин бугониги, полкалда кӏола 27 январалъул сагӏат 12 тӏубараб мехалда Освенцим тӏубанго эркен гьабизе.\n1975 соналъул 13 марталда «Советская Армия» газеталда бахъараб макъалаялда рагъулал гӏелмабазул кандидат, полковник Дектяревас хъвалеб буго: «Освенцим эркен гьабулаго, бищун захӏматаб заманалда тӏаде щвана полкалъул командир, подполковник Танкаев», — ан. Нахъисеб къоялъ Танкаевасул полкалъ эркен гьабуна Бзежинкаялъул лагерьги. Хӏисаб гьабураб мехалъ, гьеб лагералъул гӏатӏилъи батун буго 50 кв. км ва гьединго Освенцималдаса эркен гьавун вуго 17000-ялде гӏагарун асир. Гьениб лагерь бикь-бикьун букӏун буго 12 майданалде. Гьединго батун буго 32 цӏулал барак, жиб-жибалда жанив 500 асир вукӏараб. Освенцим эркен гьабураб къоялъ, лагералда батун буго хваразул, чӏваразул, газалъ гъанкъараздаса бахъараб ратӏлил цӏураб 35 склад. Гьезда гьоркьоса анлъго складалда жаниб батун буго хвезаруразда тӏаса бахъараб ратӏлил 1 миллионгун 200 азарго комплект ва руччабазул ботӏрол расалъул 7000 кг. Халкъалда гьоркьосел экспертаз чӏезабухъе, цохӏо Освенцималда фашистаз тӏагӏинавун вуго 4 миллионгӏанасев асир.\nГьеб «Чӏагоязул жужахӏ» эркен гьабулаго бараб 54 сагӏаталда жаниб, 460-абилеб полкалъе кӏудияб ками ккана: 67 рагъухъан чӏвана ва 119-яв лъукъана.\nСоветияб армиялъе гьениса щола рагъулаб давлаги: кванил ва къайи-цӏаялъул цӏураб 100 вагон, 50 автомашина, танкабазда данде кьвагьулеб ункъо гӏарада, 11 миномет, цо чанго батӏи-батӏияб къайиялъул склад, тӏорччол 60000 тонна, 17 паровоз.\nОсвенцим эркен гьабулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ Танкаев мустахӏикълъана Багӏараб Байрахъ орденалъе ва гьесул полкалъе кьуна Александр Невскиясул орден. Хадусеб Багӏараб Байрахъ орден Мухӏамадие щвана Чехословакиялъул Опава шагьаралде гьабураб гьужумалъе гӏоло. Гьелде щвелалдего, 1943 соналъул февралалда Сталинград тушманасдаса цӏунулаго, Мухӏамад тӏамуна 823-абилеб полкалъул командирлъун ва гьениб бихьизабураб гьунаралъе гӏоло гьев кӏодо гьавуна Багӏараб Байрахъ орденалдалъун.\nМухӏамад гӏахьаллъана Смоленск ва Москва цӏунулел рагъазулъги, Курскалъулаб горсвериялда, Доналда, Днепралда, Корсун-Шевченкоялда, Львов-Сандомиралъулал, Висла-Одералъулал рагъулал операциязулъги.\nТернополь шагьаралде гьужум гьабулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ Танкаевасе кьуна «Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул» орден. Мухӏамадил полк гьоркьобе унеб 100-абилеб дивизиялъ Воронежалдаса Прагаялде щвезегӏан нахъа тана 1700 км рагъул нухлул ва эркен гьабуна 1500 шагьаргун росу.\n«Лъиениги вокьизелъун Танкаев киданиги гьимичӏо ва лъиениги гьес бетӏер къуличӏо. Гьес бетӏер къулана гӏицӏго Ватӏаналда цебе. Солдатгун гьев вукӏана солдатлъун, генералгун — генераллъунги. Дунялалда дир руго рикӏкӏен гӏемерал гьудулзаби. Амма Танкаевасулгун дир гьудуллъи хасгьабун батӏияб букӏана. Гьев вукӏана дие цӏакъ хирияв инсан», — абун хъван буго гьесул хӏакъалъулъ Расул Хӏамзатовас.\nБудун Мухӏамадов,\nТанкаевасул цӏаралда бугеб\nмузеялъул директор"}
{"slug": "3602-gavayalda-gunar-rakalda-l-alki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3602-gavayalda-gunar-rakalda-l-alki", "title": "Гьаваялда — гьунар, ракьалда — лъалкӏ", "date": "2019-01-21 10:15:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарул мацӏ лъаларин абизе нечезе ккеларищ магӏарулав\nРоссиялъул бищун тӏадегӏанаб пачалихъияб шапакъатлъун кколеб «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏар кьеялъул буюрухъалда гъоркь улкаялъул президентас гъолбасана 1992 соналъул 20 марталда. Тӏоцебе гьеб хӏурматияб ва тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикълъана ингушав, летчик Суламбек Осканов (11 апрель, 1992 сон). Тӏолабго Россиялда, жакъа къоялде щвезегӏан, гьеб цӏар щвана 1100 чиясе, гьездаго гьоркьоб 35 дагъистаниясеги. Гьезул мухъилъ руго вацал Мухӏамад ва Тӏайиб Тӏолбоевалги. Гьал къоязда Дагъистаналда вугев Тӏайиб (гьев ккола Улан-Удэялда бугеб авиациялъулаб заводалъул летчик-испытатель) вачӏун вукӏана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб.\n— Тӏайиб, баркула дуда тӏаде щвараб Цӏияб сонги. Дагъистаналде гӏемер щолищ, гьал къоязда ватӏаналде вачӏиналъул мурад щиб букӏараб?\n— Баркала, дицаги баркула киналго дагъистаниязда, магӏарулазда Цӏияб сон. Араб соналда тун батаги нилъеца кинабго захӏматаб, пашманаб ва баракатаблъун батаги исанасеб, Аллагьас квербакъаги нилъер лъикӏал мурадал тӏураялъе.\nБокьичӏого букӏинищха Дагъистаналде щвезе, амма дун аскариязул хъулухъалда вугелъул, кидаго гуро гьединаб рес кколеб, яхӏ бахъула щибаб соналъ вачӏине. Бищунго бокьула нилъер хараби, гӏагарлъи, гьудулзаби рихьизе, гьеб мурадгун вачӏун вукӏана гьаб нухалдаги. Магӏарухъеги щвана, хӏангун чедги квана, цӏорораб лъимги гьекъана. Ва гьелдаса цӏакъаб жоги дида лъаларо.\n— Ахираб заманалда Дагъистаналда кколел хиса-басиял кин дуда рихьулел?\n— Цебехун букӏараб ана, араб жо ун тезе ккола. Амма кида бачӏунги бачӏуна гӏадлу-низам билълъанхъизабичӏого тӏубалареб заманги. Гьедин ккана нилъер гьанибги, Васильевас гӏемераб жоялде нилъер берал рагьанин абуни, мекъи ккеларо. Нилъеда вичӏчӏизе ккола Васильев, ричӏчӏизе ккола гьесул ишал. Гӏаммаб куцалда, дида ритӏараллъун рихьула гьарулел ругел хиса-басиял, ракӏчӏола гьезул хӏасилаз пайда кьезе букӏиналдаги.\n— Цо хъизамалда кӏиго вац — Россиялъул Бахӏарзал, Россиялъул мустахӏикъал летчикал-испытателал. Тӏолабго Россиялда гьечӏо гьединаб цоги мисал. Сундулъха бугеб балъголъи?\n— Эбел-инсул (Гӏумар ва Жавгьарат) мисал, тарбия, учительзабазул квербакъи ва нижеца бахъараб яхӏ, бихьизабураб жигарчилъи — гьеле аслу, кьучӏ. Кире кканиги, нижеца тӏубана тӏадаб борч, гьелда цадахъ бихьараб захӏматалъулги, хӏехьезе ккараб къоялъулги, дандчӏвалел рукӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ гӏемер бицинего ккелищха. Жакъа къоялде щвезегӏан дица хӏалбихьун буго самолетазул ва вертолетазул 60 тайпаялъул. Гьанжего гьанже хӏалбихьана, цӏияб тайпаялъулаблъун кколеб 171 А-2 самолеталъул. Гьелъухъ валагьизе нижехъе вачӏине вуго Сергей Шойгуги. Бигьаяб масъала гуро Россиялъул мустахӏикъав летчик-испытатель абураб цӏар щвейги (гьеб кьола президентасул указалда рекъон) ва, гьеб щвезе ккани, хӏалбихьизе ккола бищун дагь 10 цӏияб тайпаялъул самолеталъул, къватӏибе биччазе ккола щугониги гӏелмияб хӏалтӏи. Северияб Кавказалъул республикабазда цониги гьечӏо гьеб цӏар щварав летчикги.\n— Кӏудияв вацасул, Мухӏамадил кумек, мисал кинаб букӏараб дуе?\n— Кӏиясулго хӏалтӏи цого-цо бугониги, досул хӏалтӏул программа, хасго «Буран» планалда хурхараб, букӏана гӏатӏидаб ва гъваридаб. Нижер анищ букӏана кӏиявго цо истребителалда рекӏун роржине, амма хъулухъ бугелъул хаслъи бугеб, ккечӏо гьединаб рес. Мухӏамад вуго Россиялъул бищун лъикӏав 10 летчикасул мухъилъ, гьединаб даражаялъул летчикал жеги рукӏина нилъер, гьабсагӏаталда гьел гӏемер гьечӏо. Диеги гьев вуго сундулъго мисаллъун.\n— Дудаса дос мисал босизесеб жо гӏемераб бугодай?\n— Дов вуго кӏудияв, досул хӏалбихьи буго тӏадегӏанаб, нилъер гӏадат-гӏамалалда рекъонги, гьитӏинасда тӏадаб буго кӏудиясухъ гӏинтӏамизе.\n— Дагъистаниял гӏемер ругищ Бурятиялда, ратани, щиб хӏалтӏи-ишалда гьел ругел?\n— Бурятия буго гӏодобе биччараб, парахатаб, дагьаб цӏорораб бакӏ букӏин гурони, тӏокӏаб гӏолареб рахъ гьечӏеб республика. Гӏадамалги руго гӏадатиял, лъикӏал, гӏемеразда лъала Дагъистан, гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал. Дагъистаниялги гӏезегӏан руго дора, аслияб куцалда гьел ккола аскариял, руго бизнесчагӏи, тохтурзаби. Гьел киналгоги руго къваригӏел ккедал ратулел, къадруялда ругел гӏадамал. Бачина цо мисал. Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъа Камил Къурбайлов, лъикӏав инсан, магӏишатчи, дагьав цеве гьев вищана Иркутскалъул Законодательнияб Собраниялъул депутатлъунги, гӏемерал гӏадамазе кумек гьабуна гьес, баркала гьесие. Кӏудияб баркала загьир гьабизе бокьилаан Бурятиялъул жанисел ишазул министр Олег Кудиновасеги. Гьесул хӏаракаталдалъун, Дагъистаналъул жанисел ишазул органазда хӏалтӏулаго чӏварал эбел-инсул лъимал хӏухьбахъиялъе щибаб соналъ ахӏула Байкал хӏорида сверухъ ругел пансионатазде.\n— Дур буго лъикӏаб хъулухъ, руго гӏемерал шапакъатал, мун кивго лъала. Амма дида ккола мун вугин цӏакъго гӏадатияв, гьаваялдасан воржаниги, ракьалда тӏад хьвадулел ричӏчӏулев чи. Мекъи вугищ дун?\n— Гьеб бакӏалда мун мекъи гьечӏо. Дида лъазего лъаларо чӏухӏи абураб жо, дир хасияталъулъ гьечӏо гьединаб гӏамал. Дида мухӏканго лъала — нилъеца кидаго гьабизе ккола чӏахӏиязул адаб-хӏурмат, киданиги кӏочене бегьуларо гӏураб ракь, нилъер ватӏан, гӏагарлъи, гьудул-гьалмагълъи. Гьаваялдасан воржунев вугониги, ракьалда тӏад хьвадулев вугониги, кидаго цадахъ рукӏине ккола гӏадатлъиги гӏаданлъиги. Гьедин бугони, хутӏараб кинабго битӏа-бишун ккола.\n— Дуца бан буго 62 сон. Нужер хъулухъалда ригьалъул рахъалъ чӏезабураб гӏорхъи бугищ? Кинал ругел дур хадусел планал, Дагъистаналде тӏадвуссиналъул суалго борхулищ?\n— Чӏванкъотӏун бихьизабураб гӏорхъи гьечӏо, мисалалъе, Мухӏамадица бан буго 68 сон, гьев воржуна жакъа къоялъги. Гӏемераб бараб букӏуна сахлъиялда, руго гьеб рахъалъ чӏезарурал нормаби, гьел цӏунизе кӏун хадуб цӏикӏкӏараб къварилъи букӏунаро — киналъего хӏукму къотӏула тохтурзабаз. Гьитӏинаб мехалда эбел-инсуца малъараб хӏалтӏуцаги, мархьи-колохъе хьвадиялъги лъураб кьучӏ жеги щулаго буго, Аллагьасе рецц ва эбел-инсуе баркала. Гьабсагӏаталда дир буго лъикӏаб сахлъи, дагьал цере тӏурана тӏадал нормабиги. Кин бугониги, Бичас биччани, 65 сон тӏубарабго, телин ккола хӏалтӏи, гӏела. Гьелдаса хадуб, гӏумру батани Дагъистаналде вачӏина гӏемерго цӏикӏкӏун, амма тӏуванго вуссиналъул суал букӏинин кколаро.\n— Рагъулав полковник, хӏалбихьи бугев летчик (воржунев вуго 45 соналъ) хӏисабалда цо гьадинаб суалги — Россиялъул ва СШАялъул рагъулаб авиация данде босани, кинабдай ккела хӏасил?\n— Ракӏбацӏцӏадго абуни, хӏасилалда щаклъи гьечӏо — нилъ цере руго, хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо, хӏинкъа абе дол.\n— Дуца гӏемераб заман бана Дагъистан тун къватӏиб. Амма дуца магӏарул мацӏ бицунеб буго гӏезегӏан лъикӏ. Кин кӏвараб гьеб цӏунизе?\n— Кин бегьулеб эбелалъул мацӏ кӏочене, нечезе ккеларищ чи мацӏ лъаларин абизе. Магӏарул мацӏ буго нилъер бечелъи, чӏухӏи, дир пикруялда, гьеб лъаларев магӏарулав вукӏине бегьуларо.\nГьанибго бокьилаан киналго магӏарулазе гьаризе щулияб сахлъиги, рокъоб рохел-парахалъиги.\nГӏабаш Гӏабашилов."}
{"slug": "3604-konkurs-festival", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3604-konkurs-festival", "title": "Конкурс-фестиваль", "date": "2019-01-21 10:17:35", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаниязул иргадулаб бергьенлъи\n«Авадан» кьурдул ансамблялъе щвана тӏоцебесеб бакӏ\n5-10 январалда Сочиялда тӏобитӏараб миллияб маданияталъул ва искусствоялъул конкурс-фестивалалда гӏахьаллъана батӏи-батӏиял улкабаздаса 500-ялдаса цӏикӏкӏун коллектив. Гӏахьаллъана гьенир Дагъистаналдаса гьунарчагӏиги махщелчагӏиги.\nКонкурс гӏуцӏиялъул проекталъул координатор Жанна Барсеговалъ бицана конкурсалде рачӏарал коллективазул тӏадегӏанаб даражаялъул хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.\n— Миллияб байрамалде рачӏарал коллективаз цого майданалда бихьизабуна жидерго миллияб маданияталъул борхалъиги тӏадегӏанлъиги. Щивав гӏахьалчиясулъ бихьулеб букӏана миллияб хаслъи, — ян абуна гьелъ.\nРадалалдаса къасилъизегӏан, къойил цебе бахъунаан 80 коллектив. Жюриялъул членал мукӏурлъана жидее цӏакъ захӏмат букӏанила гӏахьалчагӏазул цоялдаса цоял лъикӏал церерахъиназе къимат кьезе. Рехселин гьезул цо-цоязул цӏаралги: фестиваль гӏуцӏаразул цояв Виктор Шерф, режиссер-хореограф Эльвира Таха, музыкалияб искусствоялъул профессор Лариса Семина ва цогидалги.\nФестивалалда гӏахьаллъараб Лаваша районалъул «Авадан» кьурдул ансамблялъе щвана тӏоцебесеб бакӏ ва аслияб приз — Гран-при. Коллектив ине буго Сагӏудиязул Гӏарабиялде. Гьелде тӏадеги, Виктор Шерфица кьуна хасаб приз. Кьурдухъаби ритӏулел руго Германиялде.\nГьединго фестивалалъул шапакъатал щвана гьоцӏдерил ва ансадерил махщелчагӏазеги. Гьез тӏоритӏарал мастер-классаз пана гьаруна Италиялдаса, Германиялдаса, Малайзиялдаса ва цогидалги улкабаздаса рачӏарал гьалбал.\nКӏудияб баркала загьир гьабуна фестиваль гӏуцӏаразе Лаваша районалъул культураялъул управлениялъул начальник Халид Мутӏалимовас.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "3608-l-uga-bakh-in", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3608-l-uga-bakh-in", "title": "Лъугьа-бахъин", "date": "2019-01-21 11:56:07", "categories": ["obshestvo"], "text": "Квандайищ «гӏайиб», лъедайищ?\nЛенинаулалда ккараб ишалда бан хӏалтӏудаса махӏрумлъана райбольницаялъул бетӏерав тохтур\nЦӏияб соналъул байрамкъоял чехь-бакьазул унтигун тӏамизе ккана Казбек районалъул Ленинаул росулъа 77 чияс, гьездаго гьоркьоб 56 лъимералъги. Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, чехь-бакьазул унтигун Казбек районалъул больницаялъул инфекциялъулаб отделениялда вегизавуна 22 чи, гьезда гьоркьоб 14 лъимер. Жакъа къоялда гьел киналго больницаялдаса рокъоре риччан руго.\n15 январалда, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас бицана 11 январалдаса хадуб Ленинаул росулъ чехь-бакь унтиялъул хӏужаби ккечӏин.\nДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул баяналда рекъон, гьеб росдал гӏадамазул чехь-бакь унтиялъул гӏиллалъун ккана чорокаб лъим гьекъей. Росулъ цойиде бачараб лъим гьечӏелъул, гӏемерисел гӏадамаз жидецаго гьарурал гъуяздаса пайда босулеб буго. Росулъ гӏадамаз пайда босулеб лъел ункъо бутӏа гьабун цо бутӏа гьекъезе лъикӏаб гьечӏин лъазабулеб буго ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъги.\nДРялъул бетӏерас тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулей Элеонора Гӏумариевалъ бицана, Ленинаулалда ккараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ лъарабго, гьеб лъим къотӏизабунин.\n«Росдал гӏадамазе бацӏцӏадаб лъим баччулеб буго Хасавюрт шагьаралдаса. Инфекция баккараб бакӏ бацӏцӏад ва гъуязулгун дренажалъул мухъазе дезинфекция гьабулеб буго. 17 сон бачӏел лъималазе гепатит А-ялде ва риххелалде данде прививкаби гьарулел руго», — ян бицана Э. Гӏумариевалъ. Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, гепатиталде данде прививка гьабизе 1360 вакцина щвезабун буго Ленинаул росулъе.\nДРялъул сахлъицӏуниялъул министрас бицана чехь-бакь унтиялъул инфекция тӏибитӏун букӏиналъул хӏакъалъулъ лъазабунин Дагъистаналъул МВДялъул хӏалтӏухъабаз. Гьединал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хехаб къагӏидаялъ, тӏоцебесеб иргаялда, лъазабизе кколаан районалъул централияб больницаялъул нухмалъиялъ. Гьарурал цӏех-рехаздаса хадуб, ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул буюрухъалдалъун хъулухъалдаса вахъана Казбек райбольницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамадрасул Латӏипов.\n«Нижеца гӏуцӏизе буго битӏараб жавабчилъи бугеб нухмалъиялъул къагӏида, щивасда лъазе ккола жидеца сундул ва кинал ишазул жаваб кьезе кколебали», — ян лъазабуна Васильевасги.\nРоспотребнадзоралъул баянал\nЛенинаул росулъ ккаралъул хӏакъикъат цӏехон нижеца гара-чӏвари гьабуна Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалъул хӏалтӏухъаналъулгун, Ленинаул росдал бетӏерасулгун ва цӏияб соналъул байрамазда унтун больницаялде ккаразул цо-цоязулгун.\nРоспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалъул хӏалтӏухъаналъ бицана:\n«Исана риидалги, санитариял къагӏидабазде дандекколареб лъедалъун гӏадамал хьезарулеб букӏиналда бан, ДРялъул Роспотребнадзоралъул Гъизилюрт шагьаралда бугеб управлениялъул отделалъул хитӏабалдалъун, Казбек районалъул Ленинаул росдал администрациялда тӏад административияб дело гьабун букӏана. Гьанжеги Роспотребнадзоралъ Казбек районалъул прокуратураялде баян битӏана санитариял нормаби хвезариялда бан административияб дело рагьеян абун.\nДРялъул Ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министерствоялъ ва ДРялъул МЧСалъ халгьабулеб буго ва рацӏцӏад гьарулел руго лъим бачарал мухъал, къватӏир рарал хӏажатханаби».\nКванида бараб бугодай?\nГьекъолеб лъел хӏакъалъулъ ва лъим чороклъиялъе гӏилла щиб ккарабилан цӏехон ниж кӏалъана Ленинаул росдал бегавул Малик Батилгереевасухъе.\n«Жакъа къоялда росулъ ругел лъел мухъазда дезинфекция гьабулеб буго. Росулъе щибаб къойил цогидал росабалъа баччун бачӏуна бацӏцӏадаб лъим. 11 январалдаса нахъе цогӏаги унтарав чиги ккечӏо. Росулъ гӏумру гьабулеб буго анцӏазарго чияс, гӏадамал лъедалъун хьезаризе 1200 хӏавузги буго росулъ. Гьел хӏавузазухъе биччараб лъимги кидаго хӏалтӏизабулаан нижеца», — ян бицана Малик Батилгереевас.\nЛенинаул росулъа чехь-бакьалъул (ОКИ) унтигун больницаялде ине ккарал гӏадамазулгун гара-чӏвариги гьабуна нижеца.\nЗулпат Шамирзаева, 80 сон: «Доб къоялъ къадеквандаса хадуб мандариналги кванан рукӏана дица. Кванан хадуб цо бащдаб сагӏат гурони ун букӏинчӏо, чехь унтизе лъугьана. Гьеб къоялъго дун больницаялдеги щвезаюна. Анкьго къо бана дица больницаялда. Нижеца кидаго лъим хӏавузалъуса хӏалтӏизабула, гьанжелъизегӏан лъеца унтизавурав чиги вукӏинчӏо. Нижер минаялъуб гӏумру гьабун ругел лъималазги гьезул лъималазги гьекъолеб буго гьебго лъим, амма гьел унтичӏоха дун гӏадин».\nШамай Ярагъиева: «Дун хӏалтӏулей йиго Хасавюрталда. Хӏалтӏулеб бакӏалда лъикӏ гьечӏого лъугьиндал, рокъое ячӏана. Рокъое щведал цӏа-кан бахун лъугьана. Гьеб къоялъ батӏияб кванараб жоги букӏинчӏо, хӏалтӏуда къадекванан гурони. Риххелги щвечӏо, бетӏер унтулеб ва цӏа-кан бахун букӏана. Гьеб сордоялъго больницаялде ана ва дару-сабаб гьабуна. Кӏиабилеб къоялдаго мадар лъугьун букӏана дие, амма больницаялдаса нахъе йиччачӏо, микьго къо базе ккана гьениб. Нижер рокъор ругезулги цогӏаги чи унтичӏо. Дун гӏемерисеб мехалда Хасавюрталда хӏалтӏулей йигелъул, гьенийго кӏодол бакӏалда йикӏуна гӏумру гьабун. Доб къоялъги унтун йикӏиналъ ячӏун йикӏана росулъе».\nЛенинаулалдаса гӏадамаз бицаралдаса хадубги нижеца бухьен ккуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъулгун. Кванил нигӏматаздалъун гӏадамал унтиялъул хӏужа гьез нахъчӏвалеб буго.\n«ДРялда рацӏцӏалъиялъул ва эпидемиологиялъул центр» ФБУЗалъул лабораториялда халгьабуна Ленинаул росдал гӏадамаз гьекъолеб лъел ва чехь-бакь унтарал гӏадамазул материалалъухъ. Гьел материалазул ва лъел анализ гьабидал гьезулъ дизентериялъул (риххалил) унти багъаризабулеб жо батана», — ян жаваб кьуна Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалда.\nЛенинаул росдал больницаялъул бетӏерав тохтур Шамсудин Жамалдиновас бицана жакъа къоялда чехь-бакьалъул (ОКИ) унтабигун больницаялда цогӏаги чи гьечӏин.\n«Больницаялде рачӏаразул захӏматаб хӏал букӏинчӏо. Больницаялде рачӏанщиназул анализал росана. «ДРялда рацӏцӏалъиялъул ва эпидемиологиялъул центр» ФБУЗалде ун рукӏана анализал гьаризе гӏадамазул биоматериалал росун. 77 чиясда гьоркьоб щуго чиясул батана дизентерия, хутӏаразулин абуни бигьаял ОКИял (чехь-бакьалъул) ратана. Гьел ккола гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏел инфекциял. Роспотребнадзоралъул хӏалтӏухъабаз байбихьудаго халгьабулеб букӏана квараб квандаса лъугьараб унти бугищали», — ян бицана Шамсудин Жамалдиновас.\nЛенинаулалде лъим бачарал турбаби цӏакъ басралъун, турун руго. Гьединлъидал, зама-заманалдаса гьел къачӏазеги ккола. 2014 соналдаго байбихьун букӏана росулъе цӏиял мухъаздасан лъим бачине. Амма гьеб жеги бачун лъугӏун гьечӏо.\nРосулъе лъим биччала анкьида жаниб цо нухалда, ай рузманкъоялъ. Росулъе лъим биччан букӏана ункъабилеб январалда ва гьеб къоялъ гӏадамаз жидерго хӏавузалги цӏезарула, цинги гьенисан рокъобеги насосаз кьабула. Тӏоцере унтарал гӏадамалин абуни больницаялде рачӏун руго кӏиабилеб январалда. Гьединлъидал хӏакъикъаталдаги гӏадамал унтиялъе гӏилла щиб букӏарабали мухӏканго абизе кӏоларо.\nЛенинаулалда ккараб лъугьа-бахъиналда бан тӏобитӏараб данделъиялда кӏалъалаго гьадин абуна Казбек районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаевас: «Лъел мухъалъул жанисеб хӏалтӏи Ленинаулалда гьабун букӏана «Росабазул ракьазул чӏара-хьараб цебетӏей» абураб федералияб программаялда рекъон. Амма объект тӏубанго бан бахъун гьечӏо жеги. Хӏадурун гьечӏо гьелъул техникияб экспертиза ва биччан гьечӏо лъимги. Гьабун гьечӏо лъел мухъазул хӏалбихьиги, рорцун гьечӏо рогӏороялъул роценалги гьеб битӏизабун лъун бугищалиги», — ян.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова,\nИзбодин Мухӏамадов"}
{"slug": "3648-akhiulgokhial-ul-l-imal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3648-akhiulgokhial-ul-l-imal", "title": "Ахӏулгохӏалъул лъимал", "date": "2019-01-28 06:43:54", "categories": ["rel"], "text": "Ахӏулгохӏ бахъаралдаса 180 сон тӏубаялде\nАхӏулгохӏалъул лъималаз, чӏахӏиязго гӏадин, бахӏарчиго хӏехьана гӏакъубагун къварилъи, бажарараб кумек гьабуна щулалъаби разе, цӏунана гохӏ, кваридаги ран, кьурса гӏодореги далун, баччана гӏурухъа лъим, кьвагьдана тушманасде данде ва асирлъудеги ккана… Сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялъул балагь сабурго баччана гьез. Гьезда бихьана унго-унгояб жужахӏалъул къо. Гьел куцана рагъалъ. Гьезул гӏемерисел къадаралде щвана Ахӏулгохӏда. Абизе бегьула, гьединазул къисмат гӏемерго лъикӏаб букӏанин, эбел-инсудасаги ратӏагьарун, Россиялде ритӏаразде, зулму гьабун, насранияб дин босизабуразда дандеккун. Гьелдаса хадур, Россиялъул гӏатӏидаб ракьалдаги тӏиритӏун, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана гьел.\nАмма цо-цо лъималазул хӏакъалъулъ баянал цӏунун хутӏун руго тарихиял тӏахьаздагун хъвай-хъвагӏаязда ва ракӏалдещвеязда.\nХунзахъа Гӏалибегил вас Хириясулав\nХунзахъа Гӏалибег бахӏарчиго хвана Ахӏулгохӏда. Гьенивго вукӏана гьесул кӏиго лъагӏел барав вас Хириясулавги. Лъабго гуллаги щварав, ботӏролъ хечги къарав васасда бичӏчӏулебцин букӏун батиларо гьениб букӏараб вахӏшилъи. Амма гьесул рекӏелъ къан хутӏун батизе буго бихьаралъ жиндиего гьабураб асар.\nАрхивазул баяназда рекъон, Хириясулав гӏурусазухъе асирлъуде ккана жиндирго вацасдаги, яцалдаги, ададаги ва кӏодоэбелалдаги цадахъ. 1839 соналъул 11 сентябралда АйМисай, Ахӏулгохӏда шагьидлъарав Гӏалибегил эбел (60 сон бан букӏана гьелъ), Гӏалибегил яц Меседу (18 сон) ва Гӏалибегил яс Ханзадай (анкьго сон) ритӏана Гъизляралде. Гьебго соналъул тӏоцебесеб декабралда къадаралде щвана АйМисай ва гьей юкъун ятизе йиго Гъизляралъул хабалалъ. Меседул къисмат лъазабизе бажаричӏо. Ханзадай хадуйккун хисун ятизе ккола гӏурус солдатасухъ. Халкъиял биценазда абулеб буго, Шамил-имамас гьей ясалъул (гьелъул гьумер бухӏун букӏана) къисматалъул агъаз гьабулеб букӏанилан. Имамас гьей росасе кьуна Патагӏали наибасе. Хвана 1279 (1862/1863) соналда ва юкъун йиго Сивухъ. Гьелъул хоб батӏабахъизе лъала жакъаги.\nДолго архивазул баяназда рекъон, Хириясуласда цадахъ Гъизляралда гӏурусазухъ асирлъуда вукӏана гьесул вац Муртазагӏалиги. Гьениса гьел ритӏана рагъулал кантонистазул Воронежалъул батальоназде. Кавказалъул хасаб корпусалъул командир, генерал Е. Головиница рагъулав министр граф Чернышевасухъе битӏараб рапорталда хъван буго: «22 августалда нижехъе ккарал асиразда гьоркьор руго… машгьурав Гӏалибегил кӏиго вас: цояв – Муртазагӏали, микьго сон барав, кӏиабилев – Эверес, щуго сон барав. Кавказалъул мухъалъул аскаралъул командующий генерал-адъютант Граббеца абулеб буго, гьезие лъикӏаб лъай кьуни, гьездаса гӏемер пайда букӏинилан, гьел руго кӏалбегӏерал ва сабурго хьвадизе лъалел васал», — ан. Головинил бихьизабиялда рекъон, гьитӏинал магӏарулал цӏализе росула кадетазул корпусалде. Гӏурус писараз гьезул цӏаразулъ риччан руго гъалатӏал. Масала, Хириясуласул цӏар хъван буго жидедаго рагӏараб куцалда: Эверес, Еверес, Херес, Эверс. Кантонистазул батальоназда рукӏаго, васазда босизабун буго насраниязул динги. Муртазагӏали хъван вуго Василий Соколов ва Хириясулав – Николай Аварский абун. 1841 соналда вацал ритӏизехъин рукӏана Москваялъул кадетазул корпусалъул тӏоцебесеб отделениялде, амма гьебго соналъул декабралда гьеб пикру хисана ва васал ритӏизе кколаан Александров кадетазул корпусалде. Архивазда рекъон, Муртазагӏали хвана «цӏаканги бахун», Хириясулав витӏана кӏиабилеб кадетазул корпусалде. Амма гьесул цӏар хъван букӏана Николай Васильевич Аварский абун. Гьединаб цӏар кьолаан доб заманалда – кинав офицерасул ихтияралда вугевали яги лъица тарбия кьолебали хӏисабалде босун. Аварскиясул документалда хъван буго: «Насранияб диналде вуссарав магӏарулав» абун.\nАхӏулгохӏда рагъги лъугӏун, лъабго лъагӏел араб мехалда, рес щун букӏана Гӏалибегил вас гӏагарал мугӏрузде тӏадвуссинавизе. 1842 соналъул 22 марталда Шамил имамасухъе асирлъуде ккана Гъазигъумекалъул гарнизонги гьелъул нухмалъулев подполковник Снаксаревги. Шамилица гӏурус командованиялда абуна асирал хисизе ругин абун ва тӏалаб гьабуна поручик Анановасухъ Гӏалибегил вас кьеян абун. Амма гьеб иш рагӏалде бахъинчӏого хутӏана.\nКадетазул корпусалда цӏалиги лъугӏизабун, корнет, поручик, штабс-ротмистр, штабс-капитан Аварскияс хъулухъ гьабуна Литовский, хадубккун Апшероналъул лъелазул полкалда батӏи-батӏиял хъулухъазда – ротаялъул командирлъун, кьвагьдохъабазул начальниклъун, батальоналъул командирлъун ва гь.ц. Лъикӏаб хъулухъалъухъ гьев мустахӏикълъана: Гӏазизав Станиславил лъабабилеб даражаялъул орденалъе (1871), Гӏазизав Владимирил ункъабилеб даражаялъул орденалъе (1874), майорасул чиналъе (1871). Аварский гӏахьаллъана Крымалъул рагъулал лъугьа-бахъиназулъги (1854), Хивиялъул сапаралда бихьизабураб тӏокӏлъиялъухъ (1873) гьесие кьуна подполковникасул чин. Гьеб рагъулъ Аварский лъукъана, бохдузулъ картечьги щун. Сахлъун хадув гьес хъулухъ гьабуна Темир-Хан-Шураялда, вукӏана Апшероналъул полкалъул лъабабилеб батальоналъул командирлъун. Гьебго полкалъул батальоналъ 1839 соналда асир гьавун вукӏана кӏиго сон барав Гӏалибегил вас.\n28 сон бараб мехалда, Аварскияс лъадилъун ячана Эмилия Оттоновна Герштенцвейг, Житомиралъул губерниялъул секретарасул яс. Анлъго соналдасан гьезул хъизамалда рукӏана лъабго ясги кӏиго васги.\n1875 подполковник Н. В. Аварский захӏ-матго унтана. Цоги чиясул кумек гьечӏого, вилълъанхъизецин кӏолароан гьесда. Темир-Хан-Шураялъул рагъулаб госпиталалъул документазда хъван буго: «Хивиялъул сапаралдаса полкалъул штаб-квартираялде тӏадвуссун хадув подполковник Аварскиясда каранзул унти ккана, гьев гӏемер ва гьоркьоса къотӏичӏого хъегӏдизавулаан. 1874 соналъул кӏиабилеб бащалъиялда гьуърузулъан би чвахана чанцӏулго. Хӏал загӏиплъарав унтарав ахирги бусаде ккана …», — ян.\nАварскияс хитӏаб гьабуна пачаясухъе, жив хъулухъалдаса эркен гьавеянги гьарун: «…Сахлъи загӏиплъиялъ, дихъа бажарулеб гьечӏо Дуе, Хӏурматияв Император, хъулухъ гьабун, гьединлъидал гьарула, унтун вукӏиналда бан, дун хъулухъалдаса эркен гьавеян абун, медицинаялъул №135 свидетельствоялда рекъон, иргадулаб чинги, мундирги, эмиратияб кассаялдаса пенсияги кьун. Шура шагьар. 1876 соналъул 31 январь».\n1876 соналъул тӏоцебесеб февралалда Николай Васильевич Аварский – Хириясулав, 39 сон барав Хунзахъа Гӏалибегил вас къадаралде щвана ва вукъун вуго Темир-Хан-Шураялда. Гьелдаса нахъе хварав подполковникасул хъизамалъе щолаан пенсия – 430 гъуруш. Гьебго хабалалъ 27 соналдасан юкъана гьесул хъизанги. Аварскиясул яс Аннаеги ирсалъе щвана инсул унти. Гьелъиеги чӏезабун букӏана пенсия. Цогидал лъималазул хӏакъалъулъ баянал щвечӏо. Батизе кӏвечӏо, кигӏан нижеца хӏаракат бахъаниги, Шамил-имамасул бахӏарчияв наиб Гӏалибегил вас Хириясуласул хобги.\nКолоса Сурхайил яс\nАхӏулгохӏда шагьидлъарав Шамилил машгьурав мурид Колоса Сурхайил яс йикӏана имамасул васасул ригьалъул. Гьелда букӏун батила Аминат абураб цӏарги, щайгурелъул «Асирлъуде ккарал азиатазул сияхӏ» абураб документалда рехсон йиго «Сурхайил яс Аминат» абун.\nГьитӏинай магӏарулалъул гьайбатлъиялъ асир гьавурав генерал Павел Граббеца гьей йитӏана Санкт-Петербургалде ва кьуна къадруял ясазул пансионаталде. Насранизул динги босизабун, гьелда лъуна Александра Павловна Сурхаева абураб цӏарги (цӏар – императрицал, инсул цӏар – Граббел цӏаралда рекъон, фамилия – инсул цӏаралъул кьучӏалда).\nПетербургалъул гьава-бакъ рекъечӏо гьелъие ва 16 сон барай берцинай магӏарулай хвана. Гьей юкъун йиго Троице-Сергиясул хабалалъ.\nГӏашилтӏаса Хӏасан Хӏажияв Маллачи-хан\nАхӏулгохӏда асирлъуде росарал лъималазул сияхӏалда рехсон вуго Гӏашилтӏаса «Хӏажиев Нуричу огъли (Хӏажияв Нуричиев)». Гьев ккола Хӏасан-Хӏажияв, Дагъистаналдаго машгьураб Маллачи-ханил (Малачихановазул) тухумалъул чи. Маллачица гӏумру гьабуна XVII гӏасруялъул бащалъиялда ва вукӏана Гуржиялде гьарурал чабхъеназул цевехъанлъун. Шамил-имамасул аскаралда гьоркьов вукӏана Малачихановазул тухумалдаса Нурич абурав чиги гьесул кӏиго васги – Мухӏамадги Хӏасан Хӏажиявги. Мухӏамад вукӏана Шамилил аскаралда нусил бетӏерлъун, гьесул цӏар тӏибитӏун букӏана бахӏарчияв ва бугеб жо рекъезабун бажарулев чи хӏисабалда, амма гьесие бокьулаан бакъингун кьурди ва цогидаб ракӏгъей. Имамас гьел кьварун гьукъун рукӏана. Гьелде бугеб рокьиялъухъ имамас Мухӏамадие тамихӏ гьабизехъин букӏана, амма гьелъул хӏакъалъулъ гӏагарлъиялдасаги лъан, гьев лъутана гӏурусазухъе. Гьеб ккана гӏага-шагарго Гъуниб Шамил асирлъуде ине кӏиго моцӏ хутӏараб мехалда, ай 1859 соналда.\nГьеб заманалде гьесдаса 20 соналъ цеве ватӏа гьавурав гьесул гьитӏинав вацас хъулухъ гьабулеб букӏана Калугаялда букӏараб 40-абилеб Колыван полкалъул офицерлъун. Насрани диналде вуссинавурав гьесда лъун букӏана Николай Иосифович Парамонов абураб цӏар. Гьев гӏахьаллъана Крымалъул рагъда, Севастополалда ккарал рагъазулъ бихьизабуна чанцӏулго бахӏарчилъи ва гьелъухъ мустахӏикълъана тӏадегӏанал шапакъатазеги вихьизавуна Императорасдаги.\nХӏасан-Хӏажияв Шамилгун дандчӏвана, 1860 соналда гьев Калугаялде вачӏаравго. Ахӏулгохӏда вагъарав вукӏиндалги, Шамилил эбел БахуМеседо Гӏашилтӏаса йикӏиналъги, имамас гьесул адаб гьабулаан. Гьев гӏемер щолаан имамасул рокъове.\nГӏашилтӏе битӏараб кагътида Хӏасан-Хӏажияс хъвалеб буго: «Хирияв вац Мухӏамадихъе ва тӏолабго гӏагарлъиялъухъе, нужее рекъелгун Аллагьасул баракатги гьарулаго. Шамил Калугаялде вачӏаравго, дун ана гьесухъе, гьевгун ва гьесул лъималгун дандчӏвазе. Гьениб дида лъана, нуж сахго ругеблъи ва Тӏадегӏанасе гьелъухъ баркалаги кьуна. Дир гьикъани, гьарула нужеда, ургъел гьабуге, дун сах-саламатго вуго ва, Императорасул рахӏмуялдалъун, дие кьун буго поручикасул чин, вуго 150 чи вугеб полкалъул командирлъун, имамасда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулев вуго ва зама-заманалдасан щола гьесухъе. Хъвана 1278 соналъул шавал моцӏалъул 23 къоялъ. Аллагьасул кумекалде хӏажатав Хӏасан-Хӏажи Бен-Нурич. Гӏашилтӏа», — ян.\nМаллачи-ханас ячана гӏурусай, гьезул рукӏинчӏо лъимал. Гьединлъидал гьес вацасда гьарулеб букӏана жиндихъе вас витӏеян хьихьизе. Гьев васасда гӏурус мацӏ малъана имгӏаласул лъадиялъ. Гьев гӏемер щолаан Калугаялда гӏагарлъухъ букӏараб Оболенскиязул рокъове. Гьенибги камил гьабуна гьесул тарбиягун лъай. Княгиня А.А. Оболенская (1831-1890), росасе иналде – Дьякова, машгьурлъун йикӏана Россиялда ясазе лъайкьезе кколин абураб пикруялъул рахъкколей гӏадан хӏисабалда, ва гьелъ кьучӏ лъуна Санкт-Петербургалъул руччабазул гимназиялъеги.\nШамилил рокъове хьвадулев Нуричида гӏараб гӏелму малъана имамасул вас Гъазимухӏамадица. Къуръан цӏалун бахъараб мехалда, имамас гьесие сайгъат гьабуна жиндирго Къуръан, гьеб гьабсагӏаталдаги цӏунун буго гьесул ирсилаз. Нуричица вацасул вас Маллачи-хан хӏадурулев вукӏана рагъулаб хъулухъалде. Амма гьесие бокьун букӏинчӏо гӏумру аскаргун бухьинабизе. Ватӏаналъухъ урхъи бергьун, 16 сон барав гӏолохъанчи тӏадвуссана Дагъистаналде. Гьесул бакӏалда Мухӏамадица вацасухъе витӏана цогидав вас – Хӏасан. Гьес «ритӏухъ гьаруна имгӏаласул анищал ва вахана полковникасул чиналде.\n1860 соналъул октябралда Хӏасан-Хӏажиясухъе вачӏана кӏудияв вац Мухӏамад. Гьел дандчӏвана 20 сон гьоркьоб ун хадуб. 1876 соналъул 10 ноябралда 90-абилеб лъелазул Онежский полкалъул кьвагьдохъабазул начальниклъун вугев майор Маллачи-ханас хитӏаб гьабуна рагъулав министр генерал-адъютант Д.А. Милютинихъе, жив хъулухъ гьабизе Дагъистаналде витӏеянги гьарун.\n«1839 соналда Ахӏулгохӏде гьужум гьа-булаго, асирлъудеги восун, гӏумруялъго Россиялъул армиялда хъулухъ гьабулев вукӏаниги, дун вуго унго-унгояв магӏарулав. Дида лъикӏ лъала дир ракьцоязул хасиятги гӏадаталги, гьединлъидал гьениб, ай дие ругьунаб бакӏалда, дидаса букӏине буго кӏицӏул цӏикӏкӏараб пайдаги. Гьарула дие кьеян халкъияб нухмалъиялъул ра-\nхъалъ, дирго чиналдагун цӏаралда рекъонкколеб хъулухъ. Лъимерлъудаго асирлъуде ккеялъул хӏасилалда гӏемераб жо кӏочон тун букӏаниги, дица гьеб кинабго ракӏалдещвезабуна ва гьеб рахъалъ лъай камил гьабуна, лъабго соналъ Калугаялда ругеб заманалда Шамилилгун гьарурал накъитазул хӏасилалда. Гьелде тӏадеги офицерасул чиналда дица ункъо соналъ хъулухъ гьабуна Ширваналъул полкалда Дагъистаналда, гьеб заманалъ рес щвана камилго лъазабизе мацӏги, хирияб ватӏаналъул гӏадаталгун хасиятги», — ян хъван буго Маллачи-ханас.\nМаллачи-ханас ракӏалдещвезабулеб буго министрасда пачаясулгун букӏараб дандчӏвайги: «Дур хӏалимлъиялдалъун ва рахӏмуялдалъун дие рес щвана – доб заманалда букӏараб Парамоновасул цӏаралда гъоркь, гьанже дица босун буго дирго\nкьолбол цӏар Маллачи-хан, ва дирго вацгун цадахъ – 1861 соналда пачаясулгун\nдандчӏваялъе. Пачаяс дир вацасе сайгъат гьабун букӏана меседил сагӏат ва лъазабуна дир вацасул васал цӏалул идарабазде росеян ва пачалихъалъ хьезареянги. Тӏаде жубалин: дица ячун йиго лъай щварай гӏурусай, гьелъги ватӏаналъе кумек гьабила, Кавказалъул руччабазе лъай кьолаго», — ян хъвалеб буго гьес.\nУмумузул ракьалъ ахӏун вукӏун ватила гӏашилтӏисев Дагъистаналде. Гьелъие нугӏ-\nлъи гьабула гьес кьолол цӏар босиялъги, мугӏрузул ракьалъул тарихгун гӏадат-гӏамал лъазабизе букӏараб гъираялъги. Насрани динги гьесда босизабуна лъимерлъудаго, амма гьеб хӏужаялъ гьесие кумек гьабуна, Россиялъул империялда хъулухъ тӏубалаго, рагъулаб карьера гьабиялъе. Нижеда ракӏалдеккола, дин хиси тӏаса-масагояб иш букӏанилан абун. Хӏасан-Хӏажияс Маллачи-хан абураб фамилия босаниги, официалиял документазда гьев рехсолев вуго Парамонов абун.\nЦо-цо баяназда рекъон, Хӏасан-Хӏажияв хвана 1891 соналда ва вукъун вуго Темир-Хан-Шураялда.\nГӏайшат\n1839 соналда Ахӏулгохӏда йикӏана Гӏайшатги, гьелъул кӏиго яцги, эбелгун эменги. Кӏудияй яц, асирлъуде ккунгутӏизе абун, кьурса гӏодое кӏанцӏана ва хвана. Гӏайшатги, лъукъарай эбелги, цо чанго чӏужугӏаданги ккана Темир-Хан-Шураялде. Гӏайшат хьихьизе ячана граф Евдокимовасул лъимал гьечӏей чӏужуялъ. Хадубккун гьелъ бицунаан, эбелалдаса ятӏалъизе бокьичӏого, Гӏайшат чӏичӏиданин, хачадулей йикӏанин ва гьединлъидал жиндиего хъулухъалъе гьелъул эбелги ячине кканилан абун.\nКватӏичӏого, рагъулъ щварал ругъназдасаги сахлъичӏого, хвана Гӏайшатил эбел. Яс юссинаюна насрани диналде ва гьелъие кьуна Александра абураб цӏар. Лъикӏаб тарбиягун лъай щварай гьелъул яхъана Темир-Хан-Шураялдаго машгьурай юкъарухъан. 1850 соналда гьей росасе кьуна унтер-офицер Ф. Волковасе. Гӏайшат-Александра хвана 1871 соналда.\nХӏажимурад Доногъо"}
{"slug": "3649-akhimadil-bak-nazul-asirl-uda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3649-akhimadil-bak-nazul-asirl-uda", "title": "Ахӏмадил бакъназул асирлъуда", "date": "2019-01-28 06:49:45", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул музыкалияб азбукаялда жиндирго лъалкӏ бугев\nГьес гьениб бакараб цӏадухъ рещтӏарал кьолола гӏолиллъиялъул гӏанчӏлъиялъги, анищаллъун хутӏарал хьулазги, къисматалъухъе нух къосараб рокьуцаги, рокьуца хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее сайгъат гьабураб гӏумруялъул сверабазги. Гьебго горсверулъ нилъ дандчӏвала бакъназул хӏеренлъи-недегьлъигунги.\nАнсадерил кьурабиги гӏанлъулаго, гьелъул тӏадегӏанал мугӏрузда тӏавапги гьабулаго, гьел журан уна Аваргӏурул карачелабалъе. Цин гьулчун, цинги сихӏкъотӏун карачелалгун расандулаго, гьел рещтӏуна миллияб кечӏ-бакъаналъул къимат лъалел магӏарулазул ракӏазулъ. Ва щивасул рекӏел гъварилъудасан бухӏигун, ахӏигун, рохелгун, пашманлъигун, релъигун, гӏодигун загьирлъун рачӏунел Ахӏмадил бакъназ гӏажаибго берцинаб асар гьабула тӏабигӏаталъегицин.\n300-гӏан бакъаналъул автор, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, магӏарул халкъалъ къабул гьавурав бакъназул устар Ахӏмад Гӏамирханов «Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана араб анкьалда. Жакъасеб миллиб музыкалияб дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ гьесулгун гара-чӏвари гьабуна газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъ. Гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ.\nТӏоцересел галаби\nАхӏмад Гӏамирханов гьавуна 1955 соналъул 26 февралалда Унсоколо районалъул Унсоколо росулъ. Гьитӏинаб мехалдаса нахъего гьесие кӏудияб асар гьабулаан кечӏалъ. Гьес хӏаракат бахъулаан кидаго кинаб концерт росулъе бачӏаниги, гьелъухъ валагьизе ва гӏенеккизе. Школалда цӏалулагоги, Ахӏмадица хӏаракат бахъулаан художествияб хӏаракатчилъиялъулъ гӏахьаллъизе. Гьезул «Гӏанчилал» абураб тухумго рикӏкӏуна росулъ бищунго музыкалияблъун. Инсул вац Хӏайбулагьица махщалида рачунел рукӏун руго аргъаналда накаби, ва буго росулъ тӏибитӏараб Гӏанчил бакъанилан абулеб бакъанги. Ахӏмадил вацгӏал Мусаги мугӏрузул районаздацин машгьурав музыкант вукӏана. Гьес берцинго рачунел бакъназ гӏадамазул ракӏал хӏайран гьарулаан. Ахӏмадил Мухӏамадгӏалиеги цӏакъ рокьулаан магӏарул халкъиял бакъназда ахӏулел кучӏдул. Эбел Патӏиматицаги ахӏулаан халкъиял бакъназда кучӏдул. Гьелъухъа щвараб батила Ахӏмадиеги магӏарул кечӏ-бакъаналде рокьи.\nИчӏабилеб классалда цӏалулеб мехалда, гьесул гӏумруялъулъ ккана ракӏалда букӏинчӏеб лъугьа-бахъин. Школалда тӏобитӏулеб художествияб хӏаракатчилъиялъул репетициялде ахӏун вачӏун вуго Гӏашилтӏаса Мухӏамаднур Расулов. Гьев хӏалтӏулев вукӏун вуго Унсоколо районалъул Культураялъул рокъов.\n— Гьес баян бачунеб мехалда, дир рекӏее лъугьана кӏудияб асар, дида ракӏалде ккана дицаги, гьесго гӏадин, аргъан хъвазе лъазабилилан яги кверал къотӏун рехилин. Хӏакъикъаталдаги дир кӏудияб рокьи ккана магӏарул кечӏ-бакъаналде, гьеб рокьуца дун ахӏана дирго махщалида тӏад хӏалтӏизе. 1973 соналда школаги лъугӏизабун, дун хӏалтӏизе лъугьана Унсоколо районалъул культураялъул рокъов. Гьениб дие рес щвана Расулов Мухӏамаднургун цадахъ баян хъвазе ругьунлъизе, гьесги дие гьелъул киналго балъголъаби рагьана. Дун щибаб къоялъ гӏенеккулаан гьес хӏасратго рачунел бакъназухъ. 1974 соналда дун ахӏана Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. Ракӏ-\nбацӏцӏадго тӏадаб налъиги тӏубан, дун тӏадвуссана гӏагараб росулъе. 1977 соналда дун цӏализе лъугьана Дагъистаналъул педагогияб институталъул музыкалияб факультеталде, гьенир дида дандчӏвана гьунар тӏокӏал мугӏалимзаби. Гьез дие кӏудияб кумек гьабуна музыкалияб Азбука тӏадчӏун лъазабизе. Гьезда гьоркьор рехсечӏого гӏоларо музыкаялъул ва кечӏ ахӏиялъул кафедраялъул нухмалъулев Абусупян Гӏалихъараев, баян малъулев Карпов Виктор, Панюкова Г.Ф. ва гь.ц. Хадувго дандчӏвана композитор Ибрагьим Ибрагьимовгун, гьесги дие гӏемерал къиматал малъа-хъваял гьарулаан,- илан ракӏалдещвезабуна Ахӏмадица.\nФакультеталда цӏалулаго, историялъул дарсал кьолев махщел тӏокӏав гитарист Абусупян Гӏумаровасда бихьана Ахӏмадица баян хъвалеб къагӏида. Гьес Ахӏмад жиндихъего гьоболлъухъе ахӏула. Сордо рогьинегӏан гьес гӏолохъанав Ахӏмадие махщалида рачана магӏарул бакъназдаса байбихьун Амадей Моцартиде гӏунтӏун цо чанго хӏикматаб бакъан. Ахӏмадги нухарегӏулаго, Абусупяница насихӏат гьабуна гьесие бакънал ургъиялда тӏад хӏалтӏизе хӏаракат бахъеян. Амма Ахӏмадида лъалел рукӏинчӏо бакъан ургъизе кколел къагӏидаби, гьес гьаруна гӏемерал хӏалбихьиял, кӏвар кьун гӏенеккана машгьурал композиторазул асаразухъ, ракӏалдещвезаруна нилъерго умумуз ургъарал бакъналги.\nЛъабабилеб курсалде вахъарабго, Ахӏмадица байбихьана бакънал ургъиялда тӏад хӏалтӏизе. Кинабго гуро битӏун кколеб букӏараб.\n— Дица тӏоцебесеб бакъан хъвана «Солдатасул кагъат» абураб кечӏалъе, ва тӏоцебе гьеб радиоялдасан ахӏана доб мехалда музыкалияб факультеталда цадахъ цӏалулев вукӏарав Къурбан Мухӏамадовас. Хадубго хъвана Р. Хӏамзатовасул «Марям» ва Гӏадалло Гӏалиевасул рагӏабазда «Сордо щай рукӏкӏунеб» абурал кучӏдузе бакънал. Гьел махщалида ахӏана Мухӏамад-Тӏамир Синдикъовас. Дида кватӏичӏого бичӏчӏана Абусупянил анищ дихъа рагӏалде бахъинабун бажаризехъин букӏин,- ан бицана Ахӏмадица.\nМанаршахъ гьоболлъухъ\n— Цо пуланаб къоялъ дир лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул халкъияй артистка Манарша Дибировалъулгун. Дун намусго вукӏана гьелда дицаги бакънал хъвалин абизе. Амма кин букӏаниги, дица гьелъие дицаго ургъараб цо чанго бакъан бачана. Гьелъие гьел рекӏее гӏуна. Хадубго Манаршаца дие цо чанго кечӏ ахӏана, гьелъул хӏикматаб гьаракьалъ дун битӏахъе хӏайран гьавун вукӏана. Гьелдаса хадуб инчӏо гӏемераб заман, дица хӏаракат бахъана Манаршае дандекколеб къагӏидаялъул цо- кӏиго бакъан ургъизе, ва, гьел бакъналги росун, дун гӏедегӏана Манаршахъе. Гьей бакъназухъ гӏенеккана, ва гьелъ гьел жиндирго концерталъул репертуаралде росана. Тӏоцебесеб кечӏ букӏана Р. Хӏамзатовасул «Хъваге дихъе кагъат» абураб кечӏ. Манаршаца гьеб ахӏараб мехалда, дир рохалие гӏурхъи букӏинчӏо, щайгурелъул доб мехалда худсоветалъ къабул гьабичӏеб кечӏ сценаялде биччалароан. Дирги Манаршалги лъикӏаб гьудуллъи ккана. Бертабалъги концертаздаги ниж гӏезегӏан соназ цадахъ церерахъана. Хадурго гьелъ дир цо чанго бакъан гӏадамазухъе щвезабуна, масала, Р. Хӏамзатовасул «Камалил Башир», З. Мухӏамадрасуловалъул «Цохӏо диде бугеб рокьи батани» рагӏабазда ахӏарал кучӏдул.\nЦо къоялъ Манаршахъе гьоболлъухъе щварав дун, гьенив рокъов гӏодовги чӏун аргъан хъвалаго, дирго цӏияб бакъан ахӏулев вукӏана. Дида бичӏчӏана гьей, дие квалквал ккеларедухъ, дида аскӏое гӏагарлъулей йикӏин. Дицаги, щибго рагӏичӏеб ххвел гьабун, кечӏ рагӏалде щвезабуна. Манаршаца гьарана гьеб кечӏ нахъеги такрар гьабеян,- дида бихьана гьелъие кечӏалъ асар гьабураблъи, щайгурелъул гьелъул беразда магӏу кенчӏолеб букӏана.\nКечӏалъ Манаршае гьабураб асар бихьидал, дида бичӏчӏана гьелда жиндирго эбел ракӏалдещварайлъи. Щибаб цӏияб бахъараб бакъанги босун, дун щолаан Манаршахъе, гьелда бакъаналъул рахъалъ пикру цӏехезе, ва гьелъги дир бакъназе мустахӏикъаб къимат кьолаан, — илан гъира-шавкъалда бицана Ахӏмадица.\nТворчество цӏубалеб гӏужалда\n— Цо-цо композитораз хӏал гьабун тӏамула кочӏохъаби жидерго бакънал ахӏизе, амма дида гьеб сурун бихьулеб букӏана, щайгурелъул бакъан лъикӏаб лъугьани, гьеб лъиданиги ахӏеян гьаризе кколаро, кочӏохъабаз гьеб, нилъедаги гьикъичӏого, жидецаго ахӏулелъул. Ракӏ-ракӏалъ ахӏулеб гьечӏони, гьелъул кечӏ лъугьунаро,- янги абун, цӏидасанги харбиде жувана Ахӏмад.\nИнститут лъугӏун хадув гьев хӏалтӏана Унсоколо № 2 гьоркьохъеб школалда, хадув тӏамуна Унсоколо районалъул искусствабазул школалъул нухмалъулевлъун. Тӏубана Ахӏмадил аслияб мурад — гӏагараб росдал лъималазе музыкалияб тарбия кьезе щвей.\nУнсоколо хӏалтӏулел соназда Ахӏмадица жиндирго бакънал малъулаан Дагъис-таналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, районалъул Культураялъул рукъалъул художествияб хӏаракатчилъиялъул нухмалъулей Патӏимат Магаевалда. Патӏиматица жиндирго репертуаралде росун рукӏана гьал хадур рехсарал кучӏдул: Р. Хӏамзатовасул «Эбелалъул ракӏ», «Эбелалде», Гӏ. Шахтамановасул «Хирияв, бачӏунге дие сайгъат», «Эбелалде», С. Гьудибировасул «Ахӏе, Манарша»,\nИ. Кусалаевасул «Мун йихьичӏони» ва гь.ц.\nПатӏимат Магаевалъ дир бакъаналда ахӏана лъебергоялдаса цӏикӏкӏун кечӏ.\nУнсоколо цоги йикӏана гӏажаибаб гьунаралъул кочӏохъан, Патӏимат Мухӏамадова, гьелъул репертуаралдаги рукӏана Ахӏмадил бакъназда ахӏулел гьал хадур рехсарал кучӏдул: М. Гунашевасул «Рокьи хутӏаги нужер», Ахӏмадил «Дир росу», Р. Хӏамзатовасул «Рокьул кечӏ» ва цогидалги.\nПатӏимат Мухӏамадовалъги хӏаракат бахъулаан Ахӏмадил кучӏдул гӏадамазул рекӏелъе рортуледухъ ахӏизе. Патӏиматил эбел-эменги рукӏана кутакалда ихтилат-кеп бокьулел гӏадамал. Гьелъул эмен Гӏабдурахӏманил Мухӏамад «къанцӏа» кьурдизе махщел бугев чи вукӏана, гьесул лъималазеги щвана гьединабго гьунарги махщелги.\nАхӏмадил сариназул роржен\n1984 соналъул 18 апрелалда Унсоколо тӏобитӏана Ахӏмад Гӏамирхановасул бакъназул тӏоцебесеб сордо. Гьенире рачӏун рукӏана гьунар тӏокӏал кочӏохъаби, Дагъфилармониялъул артистал Манарша Дибирова, Пазилат Гӏабдулаева, Ахӏмад Гӏамиров, Мухӏамад-Тӏамир Синдикъов, Хӏабиб Гӏумаров ва цогидалги.\nБакънал хъваялда гӏей гьабичӏого, Ахӏмадица хъвала кучӏдулги, гьел рахъана Болъихъ ва Унсоколо районазул газетаздаги. Гьединаздасан ккола «Патӏимат», «Улбузул хӏакъалъулъ кечӏ», «Питнаялде данде рахъа», «Тӏоцебесеб рокьи», «Гьукъе рагъ» абурал ва цогидалги кучӏдул.\n— Цо чанго соналъ росулъги хӏалтӏун, хӏакимзабазул мекъаб бералда вихьараб къагӏида, къвалакь аргъанги ккун, Ахӏмадица Махӏачхъалаялде сапар бухьана. Цо-кӏиго соналъ хӏалтӏана Дагъфилармониялда. Хадув гьев восана Магӏарул театралде музыкантлъун. Мехго балалде театралъул директор Хӏабиб Хӏажиевас гьев тӏамуна театралъул музыкалияб бутӏаялъул нухмалъулевлъун. Кватӏичӏого театралъул режиссераз гьесда тӏадкъана спектаклязе дандекколел бакънал ургъизе. Цо чанго спектаклялъе хъвана музыка. Театралда хӏалтӏулагоги, Ахӏмадида бичӏчӏана гьениса жиндие харж тун батӏияб жо щолареб-лъи. Хӏалтӏизе лъугьана Шамхал-Термен росдал клубалде художествияв нухмалъулевлъун.\n— Ва гьале цӏидасанги Магӏарул театралда батана дида дирго хӏалтӏудаса щолеб рохелги разилъиги. Дихъе кӏалъан вачӏана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов ва ахӏана жиндихъего. Кабинеталдеги вачун, гьес дида бицана дица гьабизе кколеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ, ва театралъе дир кумек хӏажат букӏин бичӏчӏизабуна. Спектаклялъе музыка хъвай гуребги, гьенир ругел кочӏохъабазда данде аргъанги хъвала дица, театралда тӏобитӏулеб щибаб тадбиралдаги жигараб гӏахьаллъи гьабула, — ян тӏадеги жубана Ахӏмадица.\nГьенив хӏалтӏулаго, цӏалун лъугӏизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Жакъаги сценаялдасан гӏемер рагӏула Ахӏмадил бакъназда ахӏулел кучӏдул. Лъабго-ункъо батӏияб тӏехьги къватӏибе биччана Ахӏмадица. Гьесул ахираб тӏехьалъ кӏудияб асар гьабуна магӏарул кечӏ-бакъан бокьулел магӏарулазе. Жиндирго иргадулаб тӏехь гьес сайгъат гьабун буго магӏарул булбул Генуса Ума Нурмухӏамадовалъе. Ахӏмадица гьединго байбихьун буго Гьаракӏуниса Гӏайшатил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазеги. Гьесда ракӏалда буго Дагъистаналъул халкъиял артистал Патӏимат Нуцаловалъул ва Тӏагьир Къурачевасул хӏакъалъулъ\nтӏехь хъвазеги. Жакъасеб къоялъ миллияб мацӏалъулги гьеб мацӏалда ахӏулеб кечӏ-бакъаналъулги хӏакъалъулъ гьикъидал, угьун биччана Ахӏмадица.\nЧияраб берцин бихьулеб буго\n— Мацӏ лъугӏулеб бугилан ахӏделел руго киналго. Ахӏдолагоги, бицунеб буго батӏияб мацӏ. Батӏияб мацӏалъ тарбия кьуразда лъазе гьечӏо миллияб тарих, гьезие гьединго ургъелгицин букӏине гьечӏо ахӏулеб кочӏолги. Рахьдал мацӏалда ахӏулеб кочӏоца гӏадаб асар сунцаниги гьабуларо. Кинаб ахӏвал-хӏал бугеб жакъасеб кочӏол сценаялда. Ахӏулел гьечӏо магӏарул бакънал. Къватӏиса пачалихъазул бакъназде дандеккун хъварал магӏна гьечӏел, чӏорогоял кучӏдуз куцалел руго жакъасел гӏолилал. Ахӏулел рагӏабазулги гьечӏо магӏна, чӏвалеб хъатилгицин гьечӏо низам. Къваридаб, пашманаб кечӏ ахӏулелъулги, цӏцӏани магӏарде рахарал гӏолилал кьурдизе лъугьунел руго. Гьеле гьедин букӏуна, рагӏабазухъ гӏенеккизе лъалеб гьечӏони. Культураялъул жаваб кьезе тарал хӏакимзабазеги ургъелгицин гьечӏо кочӏода сверун лъугьунеб бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Инсуца васасухъе кьун, эбелалъ ясалъухъе кьун, мадиро гьабун, инсул ирс бикьулел ругел гӏадин, кьолел руго цоцазухъе хъулухъал. Кьунигицин щиб букӏараб, маданият щиб жояли бичӏчӏулел хӏакимзабигӏаги нухмалъиялде кколел ругелани. Лъай-хъваяздалъун тахбакӏазда ругезе щибго ургъел гьечӏо миллияб маданияталъул, ай кечӏ-бакъаналъул. Гьединго миллияб театралъулгиха. Щай чӏобого букӏунеб зал. Щай цогӏаги нухалда гьенире рачӏине бегьуларел маданияталъул моцӏу кӏалдиб бугел хӏакимзаби. Тату хола дир, гӏумруялъ дицаго гьабулеб бугеб хӏалтӏи дида малъизе цӏияв хӏаким лъугьиндал. Малъаниги щиб гьебги букӏараб, жиндагогӏаги лъалеб букӏарабани. Бищунго квеш ккараб жо буго, жинди-жиндир бакӏалда щивав чи гьечӏолъи, — ян ракӏунтун абуна Ахӏмадица. Жеги рахӏат хвезабун буго гьесул гьанжесел цо-цо кочӏохъабаз сценаялдасан ахӏулел ругел магӏарул яхӏ-намусалъул махӏгицин гьечӏел кучӏдузги."}
{"slug": "3650-insanasul-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3650-insanasul-k-ismat", "title": "Инсанасул къисмат", "date": "2019-01-28 06:51:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рокьул къуват\nГӏурус учительницаялъул хабар\nАлександр Костюнин\nДун гьаюна Курск областалда. Хехго бесдаллъана. Амма доб къо, жакъа гӏадин, буго берда цебе. Бана кутакаб цӏад. Эбелги вац Федяги – дидаса лъабго соналъ кӏудияв – рекерана гӏурухъа хъазил тӏанчӏи рокъоре рачине. Цо заманалдасан къотӏносан бахъана чӏичӏи, екерун ячӏана мадугьал:\n– Настя-а-а!.. Дур баба… чӏвана чвахунцӏадалъ!\nФедя цо чанго метралъ довегӏан рехизавун вугоан, гьев чӏаго хутӏана. Эбелалде тӏаде ракь хъвана, ток ракьулъе инелъун, гьей хвасарлъилин абураб хьулалда. Хвасар гьайизе кӏвечӏо.\nЛъади гьечӏого мех барав инсуца ячана гӏолохъанай гӏадан. Рукъ ккана бесдал эбелалъул цӏобалде. Лъагӏел бана цадахъ. Байбихьана рагъ. Дица бан букӏана ичӏго сон. Эмен рагъде ана ва тӏагӏана. Ракӏалда буго тӏоцебесеб нухалда бомбаби тӏаде ралел рукӏараб заман. Аллагьас цӏунаги! Нижеда лъалеб букӏинчӏелъулха рагъ щиб жояли. Цо минаялда нахъа бахъана кьвагьи… Байбихьана кинабго гьалдезе, бухӏизе. Ахӏи-хӏур, хъуй, угьи, зигара, гӏоди, лъукъарал, чӏварал… Ва самолетаз ралел рукӏана бомбаби. Киреха инел дунги вацги? Гьоралда нахъа кӏусана. Федяца къахӏан ккун букӏана дир квер. Гьениса ниж рекерана ракьулъ гьабураб рокъоре. Заманалдасан Федя къватӏиве ваккана, ва гьес абуна Иконниковазул тӏох бухӏулеб бугин.\nРадалалде сихӏкъотӏи лъугьана. Цинги цо-цоккун рачӏана немцал: гьез ралагьулел рукӏана партизаналги коммунисталги. Балугълъиялде вахарав вукӏинчӏониги, Федя вачун ана Германиялде. Дун хутӏана бесдал эбелгун. Гьей йикӏана мадугьалихъ бугеб росулъа. Гӏемерисеб мехалда, дунги тун, гьей унаан жидерго чагӏазухъе. Дун хутӏулаан цӏорораб, чӏобогояб рокъой.\nЖидерго рокъоб гӏадин, хважаинлъи гьабулеб букӏана немцаз. Цин гьез квана хъазал, ордекал, гӏанкӏуял. Гьел лъугӏидал, байбихьана хӏайваназде – хъвехъун рана гӏачи, болъонал. Азбаралдаго хӏадурулаан жидеего квен. Цӏул гьечӏони, росун унаан стол, тахбакӏал, къотӏ-къотӏулаан ва цӏа бакулаан. Нижеца хӏаракат бахъулаан гьезда рихьунгутӏизе. Риидал рахчулаан батӏи-батӏиял бакӏазда, хасало – печалда нахъа. Я гьелгун къацандизе, я рагӏи абизе, я щибго цӏехезе кӏолароан.\nРагъ лъугӏун хадуб вац тӏадвуссана. Федорица киданиги бицунароан доб гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Хӏинкъулаан гьелда тӏасан хабар гьабизецин. Асирлъуда вукӏун хадуб гьесие букӏана цохӏо нух – колхозалда хӏалтӏи.\nЛъимерлъудасаго дир анищ букӏана учительницалъун яхъине, бокьулаан тӏахьал цӏализе. Школа лъугӏун хадуй цӏализе лъугьана педучилищеялде. Лъугӏизабуна кӏикъоялда микьабилеб соналда. Цӏали лъугӏизе моцӏ хутӏараб мехалда нижехъе вачӏана Дагъистаналъул Минпросалъул вакил. Къамартӏав чи вукӏана: цӏудул гӏадинаб мегӏер, цоцада рекӏарал лахӏчӏегӏерал кьунсрул, кеп букӏунаан гьес гӏурус мацӏ бицунеб мехалда: «Ми вас хотым…», абун. Бана гьес школалъул хъорщода СССРалъул карта, бихьизабуна Дагъистан. Байбихьана беццизе мугӏрузулги, мацӏазулги, миллатазулги улка… Дида доб мехалда гьелъул хӏакъалъулъ щибго лъалароан. Кьуна пачалихъиял экзаменал. Нижер выпуск битӏана Кавказалъул республикаялде. Дагъистаналъе хӏажат рукӏана гӏурус мацӏалъул гурелги специалистал. Рукӏинчӏо тохтурзаби, финансазул хӏалтӏухъаби, росдал магӏишаталъул махщелчагӏи. Жидерго ясал магӏарулаз ритӏулароан цӏализе, руссинчӏо рагъдаса гӏемерисел васал … Щибха нижеца гьабизе букӏараб? Гӏолохъанал махщелчагӏи ритӏулаан тахшагьаралде, Махӏачхъалаялде. Щвана нижер къокъа гьенибе, унел рукӏана къватӏахъан, рахъ-рахъалде ралагьулаго… Дандчӏвана цо гӏурусай. Ниж, рохун, гьелда аскӏоре ана гьикъаризе. Долъул сипатго хисана: «Хириял, кире нуж ккарал, кире унел ругел? Магӏарухъе!.. Дора чӏвала, хъамула, зулму гьабула». Хӏинкъизарунаха гьелъ! Нижги цӏакъ хӏинкъана… Амма щибха гьабизе букӏараб? Байбихьана районазде рикьизе. Нижее гьел цого гӏадал рукӏана, кире ритӏаниги, батӏалъи лъалароан. Амма цо-цоккун ине хӏинкъана. Нижер выпускалъул ункъояй йитӏана Унсоколо районалде. РОНОялъул нухмалъулес лъабго яс йитӏана детдомалде, дун – Гӏашилтӏа росдал анкьгосонил школалде, гӏурус мацӏалъулги адабияталъулги учительницалъун. Дида заврайонояс абуна:\n– Жакъа гьанив вуго Гӏашилтӏа школалъул вакил – Мирзабегов, завхоз – гьесда цадахъ ине бегьила росулъе щвезегӏан, — ан.\n«Цадахъ», ай лъелго. Унсоколоса Гӏашилтӏе буго 18 километр, кодоб къайигун – солдатасул юргъаналда тӏаджемун букӏана квар ва гьелда бан – цӏулал гӏоркь. Къвачӏиниб букӏана бищунго хирияб жо: рокьулел тӏахьал, бусадул къайи, гурде, хьитал… Бокьун букӏана гьанжезаманалъул гӏадан гӏадин йихьизе дунго, ниж цӏакъ гӏолохъанго рукӏиндалха. Цо квералъ баччулаан юк, свакарабго, цогидалъухъе кьолаан. Мирзабеговас цӏакъ хӏаракат бахъулеб букӏана дир ракӏгъезабизе: харбал рицун, махсараби гьарун. Нухда батана цӏорораб лъар, рахъун тӏаса хьиталгун бахана гьеб. Маркӏачӏуде щвана росулъе. Гӏемер свакаялъ, тарталей йикӏана дун. Иццухъ рукӏарал руччабазда йихьана дун тарталей йикӏин. Гьез руцӏцӏун чӏун, бадибчӏваялъул бераз нухарегӏана ниж…\nЗавхозас дун щвезаюна гӏурус рагӏиго лъаларей херай Сакинатил дое. Гьелъухъго йикӏана Москваялдаса Валяги – гӏурус учительница, дидаса лъагӏелалъ кӏудияй, байбихьул классазе дарсал кьолаан гьелъ. Гьелъ гьабуна дие кумек. Гӏемер свакаялъ, кӏалъазе кӏолеб хӏал букӏинчӏо. Тӏаса ретӏелги бахъун, гьебсагӏатго егана ва кьижун ккана. Нахъисеб къоялъ щвана школалде, «Нолъ росулъе ячӏун йиго мехтарай гӏурус учительница», — ян абураб. квешаб хабар дидасаги цебе щун бугоан добе. Ахӏичӏого ячӏарайлъунги ккана дун. Педагогияб лъайго гьечӏей директорасул чӏужуялъ кьолел ратана математикаялъулги гӏурус мацӏалъулгун адабияталъулги дарсал, гьанже долъухъа рахъиларищха сагӏтал. Директор хучарав гӏадин лъугьана, амма цогидал учительзабаз – гьенир хӏалтӏулел рукӏана аслияб къагӏидаялда бихьинал – дир рахъккуна. Досухъаги бажаричӏо щибго гьабун, РОНОялдаса кагъатги цадахъ букӏиндал.\nБайбихьана гӏурус мацӏ малъизе. Малъизе кколаан килщазул, берзул алатазул кумекалдалъун. Классалде босулаан темаялде рекъонкколеб кинабго – цӏам, чед, цӏоросаролъ. Лъималазе бокьула берзул алат. Бицунаан гӏурус мацӏалъ сунда щиб абулебали. РОНОялъул инспекторас дида малъана магӏарул мацӏ лъазабизе хӏаракат бахъейилан. Гьедин цӏалдана цадахъ: дица – дозда, доз – дида малъун. Завхоз Мирзабегов вачӏунаан аскӏове, гьикъулаан цониги жо, гӏенеккулаан жавабалъухъ ва унаан нахъе. Ихдал, цӏалул сон лъугӏулеб заманалда, гьес абуна: «Цебе дида кколаан, “настя” – лъикӏаб гьава-бакъ бугин, “ненастя” — квешаб», — ан. Ниж ракӏ-ракӏалъ релъанхъана ва хадубккун чанцӏулго ракӏалдещвезабулаан гьеб. Хасало цӏалдолаан мокърукь рарал нартил чирахъазул канлъухъе. Букӏинчӏо щакъиги. Гьеб гьабулаан лахӏуде гъорлъе лъимги жубан, гьелъ хъвадарулаан. Хасало классазда квачан букӏунаан, маххул печь бакулаан, тӏинцӏиги лъун, гьелъги хехго хинлъи кьолароан. Лъимал рукӏунаан тӏад тӏингъалги ретӏун. Амма школалде лъимал, рачӏунгутӏи гьелда бараб букӏинчӏо, цӏалдохъабазул эбел-инсул гӏемерисез лъимал хасго ясал, ритӏулароан цӏализе. Цӏалдохъан дарсазде вачӏинчӏони, лъазабулаан сельсоветасда, гьес гӏадлу гьабулаан. Тамихӏ хӏисабалда бахъулаан рукъалъе хӏажатаб къайи-алат. Школалъул директор хьвадулаан щивасухъе рокъове, эбел-инсулгун гара-чӏвари гьабулаан.\n– Кинаб хайир бугеб гьел дарсаздаса? — ян гъулгъудулаан херай Сакинат. – Къуръаналъул лъабго сурат лъазабуни – гьеб лъикІ! Мунги гиназ, дунги гиназ, лъица хер базе бугеб чуязе?\nГьей йитӏарай йикӏана, амма букӏана батӏияб хӏакъикъатги…\nАнкьабилеб классалда цӏалулев вукӏана, Мутӏалибил вас Ахӏмад. Вахъинавулаан гьев дарс бицине:\n– Дица лъазабичӏо.\n– Кӏийилаб.\nЦо дарсги гьоркьоб тун, нахъеги вахъинавулаан.\n– Лъазабичӏо…\n– Щай, Ахӏмад лъазабичӏеб? Дарсаздаса хадув дихъе вачӏа.\nКиналго рокъоре унаан, дунги довги цӏалдолаан. Кинго бажарулеб букӏинчӏо досухъа чияр мацӏ лъазабун, амма гьес хӏаракат бахъулаан. Ахир-къадги бажарана, битӏизабуна кӏийилаб, байбихьана щуйилал росизе. Ахӏмадица школа лъугӏизабуна, гьесул вахъана улкаялдаго машгьурав профессор. Жакъаги гьес дида абула кӏиабилей эбелилан…\nАмма гӏадлу хваравги вукӏана Ахӏмад, васазул гьедин букӏунелъулха. Цо нухалда вихьана учительзабазул хӏажатханаялъул кӏалтӏа. Мун щиб гьабулевин гьикъидал, лъутун ана. Заманалдасан къватӏиве лъугьун вачӏана историялъул учитель, ворхатав, кьварун вакъварав херав чи. Кваранаб кодоб буго парччи, квегӏаб – шакъиялъ белъун… Хъитӏизарун бохдулгун, ана учительскаялде ва лъималазда бичӏчӏулареб Пушкинилгун Лермонтовасул мацӏалда биччантанаха жиндирабго…\nДица Ахӏмадида цӏехана щиб ккарабилан. Гьединги бихьулищ, Азербайжаналдаса рачӏун рукӏарал щакъидул гаразул цояб гьес лъел цӏураб парччиялъубе рехун букӏун буго…\nДагъистаналде дун нухарегӏулаго, вацас лъазабун букӏана цӏодорго йикӏайин. Дицаги хӏаракат бахъулаан цӏодорго йикӏине. Лъай-хъваял гьарулароан, дандчӏваял рукӏунароан. Амма, университетги лъугӏун, росулъе тӏадвуссун вачӏана Жалил. Рокьун ратила ниж цоцазе… Кӏиго лъагӏелалъ дандчӏвана. Рачӏ гӏадин вукӏунаан дида хадув гьев, ва цо къоялъ дихъе ритӏун рачӏана имгӏалги, школалъул завхоз Мирзабеговги, гьесул лъади Рахӏинатги. Сакинат-кӏодоцаги Валяцаги къачӏана стол.\nБитӏараб бицани, хӏинкъун йикӏана. Цӏалул сон лъугӏидал, бихьизабураб болжал (лъабго сон) лъугӏулеб букӏаралъул, ракӏалда букӏана гьениса нахъе ине.\nЖалилги вукӏана бесдалав: гьесул эбел-эмен хун рукӏана. Гьев вукӏана бихьиназда гьоркьов бищун кӏудияв. Гьесул яц Эспет гьедана: «Дун чӏаго йигебгӏан мехалъ, мун лъицаниги къварид гьайиларо, разилъе. Мун гьаниса ани, гьев – кинабго рехун тун – дуда хадув вахъине вуго. Мина, хъизан, гӏисинал лъимал гӏадада хвела», -ян. Гьебмехалда дунги разилъана ва киданиги гьелдаса ракӏги бухӏичӏо. Дир Жалил гӏадав, тӏалаб-агъаз гьабулев рос цоги ватиларо ракьалда…\nГӏемер гӏарац гьечӏониги, букӏине кколеб куцалда къачӏана дие «бахӏаралъул партал».\n– Гьаб буго «бахӏаралъул ретӏел», — ан бичӏчӏизабуна Жалилица. – Гъоркьан ретӏелги, хъабалоги, хъахӏаб шалгун крепдешинги.\nБертин гьабуна Гӏашилтӏа. Мадугьалихъ росабалъаги гьалбал рачӏана. Хъумторхъалаялъул цӏолбол чагъирги, «сахлъиян» рорхулел лълъаралги, зурмагун къалиги лъабго къоялъ гьоркьоб къотӏичӏо. Кьурдулезул букӏана цин лъабго свери, хадуб цоял цогидазде данде кьурдулаан. Камилищха гъоркьан речӏчӏизарулел бералги, «Кин гьеб: гӏурусай ячана?!» — ян рицунел харбалги. Бертадаса хадуб Эспетица ахӏана кинабго гӏагарлъи, гӏуцӏана гьарзаяб тепси ва, дида къвалги бан, лъазабуна магӏарулги гӏурусги мацӏазда:\n– Настя йиго дир вацасул лъади. Дир адабги гьабулев, дунги йокьулев чияс гьабизе ккола гьелъулги адаб, йокьизе ккола гьейги.\nГьелдаса нахъе лъугӏана дир бесдаллъи. Гьеб бицунагоцин щакърахуней йиго… Кьураб рагӏи ккуна Эспетица. Цониги чияс дун киданиги къварид гьайичӏо.\nГьаниб буго гьадинаб закон: бертин гьабун хадуб, тӏубараб моцӏалъ цӏиял бахӏарал гӏагарлъиялъ ахӏула жидехъего гьоболлъухъе, лъикӏаб квенги гьабун, кьола сайгъатал. Гьезул тухумалде ккарай дун талихӏай йиго. Гьез дун цӏунулаан, адаб гьабулаан, дида гурхӏулаан гьел. Дица цӏализаруна гьесул гӏисинал яцалги вацги. Гьез киназго дида абулаан «Настя-эбелилан». Киназдаго кӏочана дир отчество – Ивановна. Гьезие дун йиго Настя-эбел. Цониги чияс жеги абичӏо дида: «Дурго ракьалде а! Щай мун ячӏарай?» — абун. Лъагӏалидасан дун ячана Унсоколо росдал школалда хӏалтӏизе.\nЩуцӏул вачӏана Дагъистаналде дир вацги. Тӏоцеве вачӏараб мехалда росас гьесул адаб гьабуна, вачана гӏагарлъиялъухъе, хъуна куй, ана авлахъалде, рохьоре квана-гьекъезе. Дунги живгоги гурони гьечӏеб бакӏалда Федорица дида абуна:\n– Кин гӏумру гьабулеб дуца гьаб ганчӏил къолониб? Асирлъун гьаюла гьез мун!\n– Дун гьаний чияр чӏужу гуро.\n– Дида бихьуларогуйищ… Нижеда цадахъ столалда нахъа гӏодой чӏечӏо, гьекъечӏо, кечӏ ахӏичӏо.\nГьекъейищ аслияб жо, гьаниб цоцазе кумек гьабула, гӏажаибго лъикӏал гӏадамал руго. Нагагь щибниги ккани, рекерун рачӏуна. Ахӏизе кколаро. Къотӏносан унаго, дандчӏварас гьикъула:\n– Иш кин бугеб?\n– Баркала, лъикӏ буго!\nДун гьитӏинаб мехалъ ячун йикӏана килисаялде, насранияй йигониги, кинабго гьабуна шаргӏалда ва бакӏалъул гӏадатазда рекъон: абизе рачӏана, магьари лъуна, бертин гьабуна. Кьуна дие бусурманаб цӏарги – Нуржагьан – турк мацӏалда «дунялалъул канлъи». Гьелдаса нахъе дицаги цӏунула гьазул гӏадатал. Цӏуничӏого бегьилищха? Чияр килисаялде дурго уставгун хьвадуларо. Дицаги кверал рорхула, «бисмиллагь» гурони батӏияб жо лъачӏониги. Кӏаз чӏвазеги ругьунлъана – ботӏрода гьеб гьечӏони, бетӏер хӏулун бугин ккола. Махӏачхъалаялъул насраниязул килисаялде щвана кӏиго-лъабго нухалъ, гьаний хьвадула мажгиталде. Дир Аллагь кидаго вуго дир рекӏелъ! Бегьуларо хъачӏлъизе, квешлъиялде данде хучизе, гьедин гьабуни нилъеда гьоркьоб бугеб батӏалъи бихьизе гьечӏо. Рокьи цциналдаса къуватаб буго!\nБуссинабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "3651-tsiiyab-k-agiida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3651-tsiiyab-k-agiida", "title": "Цӏияб къагӏида", "date": "2019-01-28 06:55:11", "categories": ["obshestvo"], "text": "Добго хурив довго… чи\nРощногохӏаз ханлъи гьабурал ракьал хвасар гьарун бажариладай?\n15 январалда, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда бицана, рищни бакӏариялъул ва баччиялъул рахъалъ тӏоцебесеб январалдаса нахъе цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизарулел рукӏин. Муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулез рихьизаризе ккола рищниялъул гӏадлу-низам гьабизе кколел регионалиял операторазе хӏалтӏизе бакӏалъул (площадки) схема. Данделъиялда бицана, Дагъистаналда рищниялъул гӏадлу гьабулеб ва гьелдаса цогидаб къайи гьабулеб анкьго завод базе бугин. Исана заводал разе ракӏалда буго Махӏачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт шагьаразда.\nРоссиялъул Тӏабигӏиял нахърателазул ва экологиялъул министерствогун къотӏи-къай гьабулеб буго рищнидул цогидаб къайи гьабиялъул завод баялъе гӏарац биччаян абун. Данделъиялда бицухъе, гӏаммаб къагӏидаялда, республикаялда базе ракӏалда буго ункъо полигон, рищни батӏа гьабулеб микьго комплекс ва рищнидул цогидаб къайи гьабулеб завод. 20 февралалде республикаялде бачӏине буго рищни баччулеб 20 хасаб машина. Махӏачхъалаялда рищни баччизе хӏалтӏизаризе руго гьел.\n«Рощнол» закон\nРищни-къулалъул хӏакъалъулъ хасаб закон къабул гьабун букӏана 2017 соналъул 31 декабралдаго. Гьелда рекъон, доб заманалдаго гӏадамал ругьунлъизе кколаан рищни-къул батӏа гьабиялъул цӏияб къагӏидаялде. Амма закон гӏумруялде бахъинабун бажаричӏо тӏубараб лъагӏалида жаниб. Гьединлъидал, цӏиял тӏадежураялгун, рищни-къул батӏа гьабиялъул закон билълъанхъизабулеб буго 2019 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Гьеб масъалаялъулъ реформа гьабиялъе гӏиллалъунги ккана щибаб лъагӏалида жаниб рищниялъул 70 миллион тонна бакӏарулеб букӏин ва гьеб базе бакӏ гьечӏолъи.\nРищни-къул батӏа гьабиялъул мурадалда къабул гьабураб закон хӏадурун букӏана улкаялъул экологияб рахъ лъикӏлъизабиялъул мурадалда. Батӏа гьабураб рищни хӏалтӏизабизе кколаан цогидаб материал гьабизелъун. Гьелъие гӏоло разе кколаан заводалги. Гьелин абуни Россиялъул цо-цо регионазда гурони гьечӏо.\nРищни батӏа гьабизе ккани, хӏажалъулел руго хасал къалал (контейнерал), щибалда тӏадги хъван букӏине ккола щиб ва кинаб къолонибе базе бегьулебали. Гьелдалъунги гьеб иш лъугӏуларо, рищни батӏа гьабураб гӏоларелъул, гьелъул щибалъул тайпа батӏа-батӏаго баччизе ккола заводазде ва гьединго букъизе ккола ракьулъ. Гьединлъидал чан батӏияб тайпаялъул рищни батаниги, батӏа-батӏаго баччизе кколеб буго гьеб рищни баччулеб машинаялъ. Гьеб хӏалтӏи гӏумруялде бахъинабизе ккани, щибаб азбаралда ругел рощнол къалазул гӏадлу-низам гьабизе ккола, кинаб къолонибе кинаб тайпаялъул рищни базе кколебали баянги хъван. Жиндир заманалда рищни нахъе баччун бажаруларел компанияз гьебщинаб хӏалтӏи гьабиладай? Шагьаралъул къватӏазда ругел рищнидул хварал къалалцин, гӏадамаз ахӏи бахъинабун гурони хисулареб мехалда, гьеб хӏалтӏи гьабиялда щаклъизе бачӏуна.\nЯнварь моцӏ бащалъаниги, Дагъистаналъул шагьараздаги хисараб жого бихьулеб гьечӏо. Республикаялда заводал разе ругин бицунелдаса гӏезегӏан сонал ана. Гьединлъидал кинго бичӏчӏуларо кин гьеб закон гӏумруялде бахъинабизе бугебали. Гьебщинаб хӏалтӏиги гьабизе заводалги разе кисадай гӏарац балагьизе бугеб? Гьелда сверухъ гӏемераб ахӏи-хӏур буго Интернеталдаги.\nЦӏиял къагӏидаби\nРищни-къул батӏа гьабиялъул реформаялда рекъон, заводазде гьеб баччизе ккола ГЛОНАСС абураб спутникалъулаб къагӏида жидеда рекъезабурал хасал машинабаз. Гьелъ кумек гьабула машина кибе унеб бугебали балагьизе. Гьеб закон гӏумруялде бахъинабизе байбихьун буго Астрахань областалда, Мордовиялда, Карелиялда ва цо-цо регионаздаги. Дагь-дагьккун Россиялъул киналго субъектаздаги гьеб билълъанхъизабизе бугин рагӏи кьолеб буго хӏукуматалъул нухмалъулесги.\nРФялъул щибаб субъекталда тӏасавищула, рищни нахъе баччиялъул жаваб кьолев ва гьелъул цогидаб материал гьабулев оператор. Цебе рищниялда ТБО (рукъалъул рукӏа-рахъиналъул хутӏелал) абулеб букӏун батани, гьанже ТКОян (коммуналиял хутӏелал) абула. Рищни баччи цебе рукъалъулгун рукӏа-рахъиналъул хъулухълъун букӏун батани, гьеб гьанжеялдаса нахъе коммуналияб хъулухълъун ккола. Рукӏа-рахъиналъул хъулухъазухъ багьа нухмалъулеб компаниялъ (УК) чӏезабизе бегьула, коммуналиял хъулухъазухъин абуни багьаби пачалихъияб даражаялда рекъезарула. Гьанжеялдаса нахъе рищни (ТКО) баччаралъухъ гӏарац кьезе кколеб буго газалъухъ, токалъухъ ва лъехъ кьолеб къагӏидаялда рекъон. Гӏумру гьабулеб бакӏалда ремонт гьабиялъухъ багьа дагьабго учузлъизе буго, щайгурелъул гьелда гьоркьоса рищни-къулалъул хъулухъ нахъе босун бугелъул.\nДагъистаналдаги, Тӏабигӏиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялда тӏобитӏараб тендералъул хӏасилалда, тӏасарищана рищни баччизе ва гьеб къачӏазе регионалиял операторал. Рищниялдаса бакӏал рацӏцӏад гьариялъул схемаялда рекъон, республикаялда бищунго рищни гӏемераблъун рикӏкӏунеб Махӏачхъала шагьар централияб мухъалде (зона) гъорлъе ккола. 10 соналъ тахшагьар ва централияб мухъалде гьоркьоре кколел шагьаралгун районал (Каспийск, Буйнакск, Гъизилюрт шагьарал ва районал, Унсоколо ва Хъумторхъала районал) рищниялдаса рацӏцӏад гьаризе республикаялъ къотӏи-къай гьабуна «Лидер» УКялъулгун. Гьединго северияб мухъалда хӏалтӏи гьабизе буго «Дагэкосити» — 1, ОООялъ, Югалъулаб мухъалда – «Экологика» ОООялъ, мугӏрузул мухъалда – «Даг-Эко-Дом» ОООялъ.\nГьел компанияз рищни баччизе ккола гьеб рехулел хасал бакӏазде, гьединго рищни хӏалтӏизабизе ккола цогидаб материал гьабизелъунги. Республикаялъул анлъго мухъалда гӏуцӏизе руго официалиял полигоналги.\nРеспубликаялъул шагьараздагун районазда рищни-къул баччиялъул рахъалъ гьарулел хъулухъал рикьана ункъо батӏияб фирмаялда гьоркьор. Рищни баччиялъул хъулухъал гьарулел бакӏазда гьоркьор руго республикаялъул киналго районалги. Шагьаразда ва чӏахӏиял росабалъ рищни-къул гӏемер букӏине рес буго, амма рищни-къул жидецаго батӏа гьабулел ва тӏагӏинабулел росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазухъаги гӏарац бакӏари битӏараб букӏинадайха?\nЦӏиял тамихӏал\nДРялъул Тӏабигӏиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялъул баяназда рекъон, экологиялъулин лъазабун букӏараб 2017 соналда, Дагъистаналда тӏагӏинабизе кӏвана ихтияр гьечӏого гӏадамаз рищни бараб 200 бакӏ. Рищниялдаса бацӏцӏад гьабуна 50 гектар ракьул. 2017 соналда тӏатинабун букӏана ихтияр гьечӏого рищни балеб 300 бакӏ.\nИхтияр гьечӏого рищни бан бугел ракьазул бетӏергьабаз жаваб кьезе буго гьенибе бан бугеб чороклъиялъул. Пуланав чиясул бетӏергьанлъиялда гъоркь бугеб ракьалда ихтияр гьечӏого рищни бан батани, регионалиял оператораз гьелъул хӏакъалъулъ лъазабула ракьул бетӏергьанасда. Ракьул бетӏергьанас, жиндирго гӏарацги хвезабун, бацӏцӏад гьабизе ккола гьеб бакӏ рищни-къулалдаса. Нагагь ракьул бетӏергьанчи гьечӏони, ихтияр гьечӏого рищни бараб бакӏ бацӏцӏад гьабизе тӏалъула муниципалитеталда.\nРищни-къул баччаралъухъ гӏарац кьечӏого тезеги рес гьечӏин лъазабулеб буго реформа гӏуцӏараз. Гьеб хъулухъалъухъ гӏарац кьечӏого таразде 2000 гъуруш гӏакӏа къотӏизе буго.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3689-zhamgiiyab-transport", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3689-zhamgiiyab-transport", "title": "Жамгӏияб транспорт", "date": "2019-02-04 10:40:18", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьоко мекъса къиругеги, гӏакълу мекъса сверугеги\n«Лъабабилеб паркалъ» жалго жидедаго чӏарал перевозчиказул\nтабуталда кьабулеб буго ахирисебги магӏ\nАхирал къоязда тахшагьаралда бицунеб аслияб хабар буго жамгӏияб транспорталда рекӏадухъ багьа цӏикӏкӏинабиялъул хӏакъалъулъ. Масала, троллейбусалда рекӏаралъухъ 13, автобусалда рекӏаралъухъ — 15 гъуруш, кин батаниги, хӏехьезе бегьила, амма маршруткаялда рекӏаралъухъ 23 гъуруш боси буго пенсионеразда, студентазда ва мискинал гӏадамазда кьабулеб иргадулаб цӏал. Гьелъул хӏакъалъулъ хабар ккедал, Асхӏабов Гӏалиасхӏабица абуна: «Дун ккола лъабго лъимадул эмен. Юк баччулеб машинаялда хӏалтӏун, моцӏрое щола 16 азарго гъуруш. Дир кӏудияв вас — студент, ясал – школалъул цӏалдохъаби маршруткаялда рекӏун ине ккола цӏалуде. Сундулго багьа бахинабулеб буго, лъабго лъимер киндай хӏебтӏилаян ургъалилъе ккун вуго дунги», — ян.\n73 сон барав пенсионер Гӏалиев Мухӏамадица абуна: «12 азарго гъуруш буго дир пенсия. Гьелъул гӏемерисеб уна дарабазухъги коммуналиял хъулухъазухъги. Гьоркьо-гьоркьобниги гьанги пихъги къваригӏинарищ? Рекӏаралъухъ багьа цӏакъго цӏикӏкӏинабуна, гьанже ниж чай-чедалде рачӏине ккелаха», — ян.\nГьелъул хӏакъикъат лъазабиялъул мурадалда, нижеца ният гьабуна цӏех-рех гьабизе. Масала, Редукторазул поселокалъул № 23 маршруткаялъул шоферзабазухъе щведал, гьелги ратана гьеб суалалда тӏасан дагӏба-рагӏиялда. Палхӏасил, гьел рази руго 17 гъуршиде пассажирал раччизе.\nМахӏачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъул № 2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас абуна рекӏадухъ багьа 15 гъуршиде бахинабизе кканила чара гьечӏолъиялъ. «Жамгӏияб пассажиразул транспорт хӏукуматалъул кумек гьечӏого тӏубаларо. Нижер автобусал рикӏкӏуна социалияллъун, ай ресукъал гӏадамазе учузаб транспортлъун. 2017 соналда дотациялъе кьезе кколеб букӏараб 64 миллионги, 2018 соналъ кьезе кколеб букӏараб 19 миллионги жеги щвечӏо. Гьеб гуребги, хӏисаб гьабидал, бичӏчӏулеб буго, банкротлъиялде нижер предприятиеги ккезабун, тахшагьаралъул санагӏатаб бакӏалда бугеб гьеб ракьалда чванта бицатал хӏакимзабазе гӏемертӏалаял минаби разе бокьун букӏинги», — ян абуна Сулеймановас.\nМахӏачхъалаялъул администрациялъул промышленносталъул, транспорталъул, бухьеналъул ва нухазул магӏишаталъул управлениялдаса щвараб баяналда рекъон, хӏукму гьабун буго шагьаралда жаниб маршруткаялъухъ рекӏаралъухъ багьа 17-ялдаса 23 гъуршиде, Ленинкенталде — 22-ялдаса 32 гъуршиде бахинабизе. Управлениялъул нухмалъиялъ абуна, багьа цӏикӏкӏинаби кколила кьучӏаб хӏукму. Цохӏо Махӏачхъала хутӏун букӏанила 2014 соналдаса нахъе багьа бахинабичӏеб шагьар. «Нижеца абулеб буго 23 гъуруш босеян. Хӏакъикъаталдайин абуни, маршруткаялда рекӏаралъухъ босизе ккола 24 гъуруш. Управлениялъул планалда буго маршруткаби 1-1,5 сагӏаталъ социалияб транспорт гӏадин, рекӏаралъухъ 15-17 гъурушги босун, хӏалтӏизаризе. Тариф цӏикӏкӏинабиялъе гӏилла ккола Махӏачхъалаялъул жамгӏияб транспорталъул автопарк цӏигьабизе хӏажат букӏин. Планалде босун буго тӏолалго маршруткаби гӏисинал автобусаздалъун хисизе. «Третий парк» компаниялъ 2017 соналъул августалда 50, 2018 соналъул маялда 230 автобус босана. Гьеб гуребги, сентябралда цӏикӏкӏана путевкабазухъ кьолеб гӏарацги. Бищунго цӏикӏкӏун кьезе ккола «2 как троллейбус» абулел маршруткаялъул шофераз — 10150 гъуруш, № 25 маршруталда хӏалтӏулез — 7000 гъуруш, № 61 маршруталъулаз — 6200 гъуруш. Путевкаялъул бищунго гӏодобегӏанаб багьа буго 4500-5000 гъуруш», — ан бицана рехсараб управлениялда.\nДРялъул предпринимателазул ва водительзабазул чияда бачӏеб профсоюзалъул председатель Гӏисалмухӏамад Набиевас абуна, троллейбусалда рекӏаралъухъ 13 гъуршиде ва «Метан» автобусалда рекӏаралъухъ 15 гъуршиде багьа бахинаби экономикияб рахъалъ кьучӏ бугеблъун кколила. Щайгурелъул анцӏго гъуруш букӏанила цӏакъго учузаб багьа, хӏукуматалъ кьолеб мукъсанабго компенсациялъ гьезда тӏад гьарулел рукӏарал харжалги рецӏулел рукӏинчӏила. «Маршруткабазул шоферзабаз абулеб буго рекӏадухъ багьа цӏикӏкӏинабизе бегьуларин. Перевозчиказ цоцалъ рекъон бахинабураб багьа кколин гьебилан. Гьединлъидал, водительзабазе бокьун батичӏони, багьа бахинабизе ихтияр букӏунаро», — ян абуна Набиевас. Гӏарац бокьичӏого гуро водительзаби багьа бахинабиялде дандечӏун ругел, республикаялъул жамгӏияб транспорталда тӏад «Лъабабилеб парк» компаниялъ квер лъолеб бугеблъи лъан. «Транспорталъул министерствоялда, республикаялъул хӏукуматалда ва шагьаралъул администрациялда, жидеего нухалги ратун, рекӏадухъ багьа цӏикӏкӏинабиялъул иш жигаралда цебе тункулеб буго «Третий парк» компаниялъул нухмалъулез. Гьез тӏалаб гьабулеб букӏана микьго гъурушалъ багьа цӏикӏкӏинаби, «гӏаданлъи гьабун» анлъго гъуршиде бачана. Маршруткабазда рекӏаралъухъ тариф микьго гъурушалъ цӏикӏкӏинабуни, лъагӏалида жаниб гьеб компаниялъе тӏадеги цо млрд. 350 млн гъуруш щвезехъин буго. Гьедин багьа бахинабиялъул мурадги ккола перевозчиказул автопарк цӏигьаби. «Лъабабилеб парк» компаниялда ракӏалда буго монополистлъун лъугьине ва республикаялъул халкъалдаса бакӏарараб гӏарцухъ цӏиял автобусал росизе. Рекӏадухъ багьа бахинабиги ккола республикаялъул жалго жидедаго чӏарал перевозчиказул табуталда (гроб) кьабулеб ахирисеб магӏ. Дагъистаналда тӏобитӏичӏо пассажирал раччи гӏуцӏиялъул рахъалъ торгал. Батӏи-батӏиял соназ гьеб рынок бикьун букӏана республикаялъул хӏукуматалъулги шагьаралъул администрациялъулги чагӏазда гьоркьоб. Гьабсагӏаталда ахӏвал-хӏал жеги квеш буго, щайгурелъул гьеб рынок кьолеб буго федералиял монополистазухъе. Жалго перевозчиказ абулеб буго тариф цӏикӏкӏинабиялъе гӏилла бугин газалъул багьа цӏикӏкӏин. Газалъул багьа цӏикӏкӏинабиялда рекъон рекӏадухъ багьа бахинабулеб букӏарабани, щивав пассажирасухъа босизе кколаан, анлъго гъуруш гуреб, 70-80 копеек», — ан баян гьабуна профсоюзалъул председатель Гӏ. Набиевас.\n24 январалда махӏачхъалаялъулазде гьабураб хитӏабалда шагьаралъул бетӏерасул ишал тӏуралев Мурад Гӏалиевас бичӏчӏизабуна багьаби цӏикӏкӏинариялдаса живги рази гьечӏилан. Жинда бичӏчӏулила транспорталъул компаниялда дандчӏвалел захӏмалъаби. Амма кинго лъазе кӏолеб гьечӏила щай 23 гъуршиде бахинабулеб бугебали. Кин гьез налогал, водительзабазе харжал ва бюджеталда гьечӏел фондазде гӏарац кьезе бугебали. Гьелда бан, мэрас абуна, администрациялъул пикруги загьир гьабун, гьеб масъалаялда сверухъ лъугьун бугеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалъул цӏех-рех гьабеян гьарун, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасухъеги, прокуратураялдеги, налогазул ва захӏматалъул инспекцияздеги, полициялдеги, монополиялда дандечӏараб хъулухъалдеги кагътал хъвазе ругин.\nТариф рекъезабиялъул рахъалъ, федералияб законалда рекъон, транспорталъулаб компаниялъул ихтияр букӏуна рекӏадухъ багьа жидецаго чӏезабизе. Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъулин абуни, гьеб хисизабизе ихтияр букӏунаро.\n26 январалда Мурад Гӏалиев дандчӏвана Ленинкент посёлокалъул гӏадамалгунги, «Третий парк» компаниялъул вакилзабигунги ва № 61 маршруталъул водительзабигунги. Ленинкенталъулаз лъазабуна жал рази гьечӏила «Лъабабилеб парк» компаниялъ рекӏадухъ босулеб гӏарац 30 гъуршиде бахинабиялдаса. Ленинкенталде хьвадулеб № 61 маршруталъул водительзабиги рази руго 20 гъуршиде пассажирал раччизе. Хадуб шагьаралъул администрациялда тӏобитӏараб данделъиялда мэрасул ишал тӏуразарулес лъазабуна, гьеб масъала роцӏцӏинабичӏого, жамгӏияб транспорталда рекӏаралъухъ босулеб багьа цӏикӏкӏинабизе жинца гьукъулеб бугилан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3690-31-yanvar-yuvelirazul-khalk-azda-gorkoseb-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3690-31-yanvar-yuvelirazul-khalk-azda-gorkoseb-k-o", "title": "31 январь — ювелиразул халкъазда гьоркьосеб къо", "date": "2019-02-04 10:42:06", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Ракӏ меседилай устар\nСакъатал гӏадамаздаги малъула гӏарцул тӏагӏалаби гьаризе\nЮвелиразул профессионалияб байрам баркизе мустахӏикъал устарзаби гӏезегӏан руго нилъер республикаялдаги. Масала, гьединазул цояй ккола Наида Мухӏамадова.\nИнсуца жиндаго малъараб махщалие гьелъ ругьун гьаруна коляскаялда рекӏун гурони хьвадизе бажаруларел сакъатал гӏадамалги. Кверал гурелги, ракӏги меседил буго Наидал. Гӏарцул тӏагӏелал гьаризе малъаралъухъ гӏарацги босуларо гьелъ.\nЧанго соналъ унтун больницабазда егун, гӏумруялъе гӏоло къеркьолей йикӏарай Наидада лъикӏ бичӏчӏула рокъоса къватӏире рахъине рес гьечӏого хутӏарал гӏадамазул хӏал. Сакъатазул гьакида гурони хьвадизе бажаричӏогоян абун, дунялалдаса ва гӏадатиял гӏадамазда гьоркьоре рахъун гӏумру гьабиялдаса гьел махӏрум гьари мекъаб ишлъун рикӏкӏуна гӏолохъанай ювелиралъ. Нилъер республикаялда сакъатазе дандекколеб сверухълъи гьечӏолъиялъ, нилъеда сакъатал гӏемер рихьуларо къватӏахъ ва гӏадамал гӏемерал цогидал бакӏазда. Гьелги жамагӏаталъул бутӏалъун кколеллъи бичӏчӏизабизе гӏемераб хӏаракат бахъулеб буго ракӏ меседилай устаралъ.\nБитӏун дунялалде ракӏбараб, гӏелбащадалгун цадахъ букӏинесеб гӏумруялде хьулазда йигеб заманалда, киналго анищазде нух къараб, тохлъукье щвараб унтигун къеркьезе ккана Наида. 2007 соналда, 16 сон барай Наида цӏадуца юхӏун, захӏматаб хӏалалда больницаялде ккедал, тохтурзабаз лъабго къо гурони баларин гьелъилан абун букӏана. 80 проценталъ черх бухӏарай Наидал къуват гӏуна унтуде данде къеркьезе. Черх цӏилъизегӏан щуго сон бана Наидаца больницабазда, тӏоцебесеб соналъин абуни коляскаялда рекӏун гурони ягъаризецин кӏолароан гьелда. Гьеб захӏмалъи сабаблъун дунялалдасаго ракӏбуссинчӏого хутӏиялъе гӏиллалъунги Наидаца рикӏкӏуна Аллагьасул хӏалкӏолъи. Больницаялде ккезегӏан гьелъ как-диналъул пикруго гьабулароан. Унтидал байбихьана гьелъ диниял вагӏзабазухъ гӏенеккизе, Къуръан цӏализе.\nТӏоцересел галаби\nУнкъо соналъ цебе тӏоцебесеб гӏарцул тӏагӏел гьабун хадуб Наидада ракӏалде ккана гьеб коляскаялда ругел сакъатал гӏадамазе цӏакъ данде кколеб хӏалтӏи бугин абун.\nЖиндирго анищалъул хӏакъалъулъ бицине хӏинкъулаан Наида, гьеб лъидаго бичӏчӏиларин кколаан. Наидал анищалде нуцӏа рагьана, цо къоялъ гьалмагъзабазул цояз битӏун бачӏараб лъазабиялъ. Гьениб хъван букӏана, «ПЕРИ Инновации» бизнес-инкубаторалда предпринимателазе кӏиго анкьилал курсал тӏоритӏулел руго, бокьани мунги ячӏине бегьулаян. «Бизнес гьаби: пикруялдаса тӏоцебесеб дараналде щвезегӏан» абурал курсал тӏоритӏулел рукӏана гьенир чӏобого.\n«Тӏоцебесеб кӏиго къоялъ дун цогидазухъги гӏенеккун юцӏцӏун чӏун йикӏана, цӏакъ хӏинкъун йикӏана дидаго ракӏалда бугеб бицине, цощинаб гьел дида тӏад релъиладаян кколеб букӏана ракӏалде. «ПЕРИ Инновациялъул» директор Хӏажимурад Гӏалиевас дица бицаралде кӏвар кьуна, лъикӏаб проект бугин ва гьелда тӏадчӏей гьабизе кколин абуна. Байбихьуда, ювелирияб махщалиде ругьун гьаризе гӏадамал кин ралагьилел, кин байбихьилебали лъаларого йикӏана дун. Хӏажимурад Гӏалиевас жиндирго гьудул, сакъатав Виктор Бурцевасул, хадуб «Кьуру» баскетболалъул клубалъул гӏахьалчи Дмитрий Смирновасул телефоназул номерал кьуна дихъе. Гьез малъараб хехго босана. Гьезул кверал къуватал рукӏунелъул, гӏарцул баргъичазда, кӏилкӏазда ва курхьабазда ганчӏал лъезе хехго ругьунлъана гьел. Викторица кумек гьабуна «Мун предприниматель» абулеб конкурсалда гӏахьаллъизе проект хӏадуризеги», — ян бицана Наида Мухӏамадовалъ.\nГьелдаса нахъе микьго цӏалдохъан гӏуна Наидал. Тӏагӏелалги росун, щивасухъе рокъое хьвадула гьей. Киналго цӏалдохъаби гьелъ рикӏкӏуна вацал-яцаллъун. Щивав цӏалдохъанасги гьей къабул гьаюла бищунго къиматай гьобол ва яц кинигин. Наидал цӏалдохъабазул цояв Арсен Мухӏамадовасул рокъоселги кидадай гьей ячӏинаян балагьун чӏун рукӏуна. 28 сон барав Арсенил ДЦП унти букӏаниги, кӏудияб жигар бахъула хӏалтӏизе. Гӏадада заман тӏамизе бокьуларев Арсеница коляскаялдаги рекӏун регби хӏала, компьютерал къачӏала, гьанжейин абуни сакъатазе ювелирияб цех рагьиялъул анищазда вуго. Арсеница тӏоцебе гьабураб баргъич эбел Асиятие сайгъатги гьабуна.\n«Байбихьудаго дица гьабулеб хӏалтӏуда тӏад кӏалъалел гӏадамалги камулароан, дурго махщелги дуего тун щай йикӏунарей, духъаго чед бахъизейищ гӏарцул устарлъиялъе гӏадамал ругьун гьарулел ругелилан абулаан. Дица сакъатазда ювелирияб махщел малъулеб букӏин инсуда телевизоралдаса бицунеб рагӏун лъана. Гьев разилъана дица гьабулеб хӏалтӏудаса», — ан бицана Наидаца.\nРеспубликаялъул\nнухмалъиялъул кверчӏвай\nГӏолохъанай ювелиралъул хӏакъалъулъ СМИяздаса рагӏарав «Успех» абураб гӏолилал хӏалтӏудалъун хьезариялъул республикаялъуб централъул (РМЦЗ) директор Шамил Мухӏамадовас ахӏун бачӏана Наидахъе, мун ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялде ахӏулей йигин абун. Доб мехалда вукӏарав министр Расул Ибрагьимовасги Шамил Мухӏамадовасги гьелда абуна дуца лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб бугин, «Машук» гӏолилазул форумалда щай дуца дурго проект бихьизабуларебин абун.\n2018 соналъул риидал Наида Мухӏамадова гӏахьаллъана «Машукалда» ва гьелъул проекталъе 300 азарго гъуруш бергьана. Лъагӏалил ахиралда республикаялда тӏобитӏун букӏараб «Мун предприниматель» конгрессалдаги «Батӏи-батӏиял, амма ращадал» абураб проекталъе тӏадегӏанаб къимат кьуна ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас: «Гьеб проекталда бизнесинцин абизе рекъон букӏинаро, гьеб ккола инсанасул меседилаб рухӏ ва гьеб гӏумруялде бахъинабизе кумек гьабизе буго Дагъистаналъул нухмалъиялъ», — ан абуна гьес.\nДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъ рагӏи кьун букӏана сакъатлъи бугел махщелчагӏазе хӏалтӏизе ва ругьун гьаризе дандекколеб бакӏ кьезе. Наидаца ведомствоялъул хӏалтӏухъабазда гьарана, коляскабазда рекӏун гурони хьвадун бажаруларел сакъатазе дандекколеб, шагьар бакьулъа рикӏкӏад гьечӏеб бакӏ кьеян. ДРялъул Транспорталъул министерствоялъ сакъатлъи бугел хӏалтӏудеги нахъеги раччизе дандекколеб машина чӏезабизеги рагӏи кьуна. Цех рагьарабго, ювелирияб махщелие 15 чи ругьун гьавизе ва гьел хӏалтӏудалъун хьезаризе ракӏалда буго Наидада. Проект нухмалъулезда бихьизабуралдаса кӏиго моцӏ ана, амма жеги байбихьулел ювелиразе хӏалтӏизе дандекколеб бакӏ щун гьечӏо. Цеего гӏадин, Наидаги щивав цӏалдохъанасул рокъоеги хьвадун, гьел гӏарцул тӏагӏелал гьаризе куцалей йиго. Проекталъе бергьараб гӏарацин абуни гӏицӏго хӏалтӏул тӏагӏелал росизе гурони гӏечӏо. Наидалги гьелъул цӏалдохъабазулги хьул буго сакъатазе дандекколеб бакӏалда цех рагьизе кумек щвеялде.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3691-kivar-bugeb-sual", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3691-kivar-bugeb-sual", "title": "Кӏвар бугеб суал", "date": "2019-02-04 10:48:51", "categories": ["med"], "text": "Рак унтиги сах гьабула\nАхираб 10 соналда жаниб республикаялда рак унти цӏикӏкӏун буго 35 проценталъ\n2017 соналда ругел баяназда рекъон, Дагъистаналда ракалъ унтун вуго 4899 чи (2346 бихьинчи ва 2553 чӏужугӏадан). 2018 соналда, каранда рак унти бугин абун, хъвай-хъвагӏай гьабун буго 578 чӏужугӏаданалъул, ай 100 азаргоялда гьоркьоса 150-ялъул (тӏолабго Россиялдаго — 408-ялъул). Нилъер республикаялда соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго ракалъ унтаразул къадар, тӏадежоялъе, гьеб «гӏолохъанлъулебги» буго. Рак унти букӏин лъайдал, унтарасе дунял бачӏинахъего кӏийиде бикьула — «унтилалде» ва «унтун хадуселде». «Унтилалде» букӏаралда хутӏула ругьунаб гӏумру, бокьулеб хӏалтӏи, гьудул-гьалмагълъи ва гӏагарлъи. «Унтун хадуселда» — цохӏо мунго.\nКигӏанго захӏмат букӏаниги, сахлъиялда хьул букӏине кколин рикӏкӏунеб буго ДГМУялъул онкологияб кафедраялъул доцент, республикаялъул онкологияб централъул хирург-онколог-мамолог Гӏумардибир Мухӏамадовас.\nРак унти ккеялъе рукӏунел гӏиллабазул, гьеб сахгьабиялъе республикаялда ругел ресазул, гьелдаса цӏуна-къай гьабизе кколеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ бицун, гьесулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Гӏумардибир, рак унти сундалъун ккезе бегьулеб?\n— Рак унти ккола пуланаб логол клеткаби цӏакъго гӏемерлъи, ай гьезул къадар хӏатталдаса ун цӏикӏкӏин. Гьелъие бугеб гӏилла жеги лъалебги гьечӏо. Унти ккеялъе квербакъула клеткабазул геназул ва гормоназул гӏунгутӏабаз, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, гӏумру гьабулеб куцалъ, хъалиян цӏаялъ, мехтизарулел жал гьекъеялъ, лъимер рехиялъ… Гьез квешаб асар гьабула геназул аппараталъе. Рак унти ккола цо клеткаялъул магӏна хвеялдаса.\n— Рак унти «гӏолохъанлъулеб» бугин абулелъул, гьелъие бугеб гӏилла щиб?\n— Жакъа гӏолилаз бигьаго гӏумру тӏамулеб букӏин ккола гьелъие бугеб аслияб гӏилла. Гьез бакӏаб хӏалтӏи гьабуларо: я магь баччуларо, я хурир хӏалтӏуларо, хъахӏаб чедги кун, сериалазухъги, балагьун, тахида регун унеб буго хӏалчӏахъадазул гӏумру. Гьез къанагӏатги кунаро хъачӏаб, къвакӏараб квен, кванилъ гӏемер хӏалтӏизабула кьаралъи. Кватӏун гурони ясал росасе унаро, кватӏун гурони гьез лъимер гьабуларо. Гьел гӏунгутӏабазул «кумекалдалъун» ккола гӏолилазул чорхолъ рак унти. Ясазул гормоназул магӏна хола, каранзул клеткабазулъ гьел цӏикӏкӏуна, гьелдалъун гьезул каранда рак унтиги ккола.\n— Берккеялда хӏинкъараб сахлъи Бетӏергьанас кьурав чиясдаги тӏатунагури рак унти…\n— Рак унти ккеялъе цо гӏилла букӏунебани, бигьаго букӏинаан гьелда данде къеркьезе. Рак унти букӏине бегьула эбел-инсудаса ирсалъе щварабги, вирусал-бактериязул «гӏайибалдалъун» ккарабги, гӏураб къадаралда пихъ ва овощал щвечӏолъиялъ ва кколеб къагӏидаялда черх кӏвекӏуларого букӏиналъ ккарабги.\n— Кинаб гӏилла рикӏкӏунеб рак унти ккеялъе бищунго кӏвар кьезе кколеблъун?\n— Гьуъразда рак унти ккеялъе аслияб гӏиллалъун рикӏкӏуна хъалиян бухӏи, гьеб гуребги, гьелъ рак ккезабула кӏветӏалда ва мукъулукъалда.\nДагъистаналда тӏоцебесеб бакӏалда буго руччабазул курмузда рак унти ккеялъул хӏужа, кӏиабилеб бакӏалда — гьуъразда, лъабабилеб бакӏалда — тӏомода, ункъабилеб бакӏалда — чохьода ва бицатаб бакьалда, щуабилеб бакӏалда — предстательнияб цӏекӏгьанада…\nКьучӏдасанго хисун буго жакъа гӏадамаз гӏумру гьабулеб къагӏида. Тамахаб гурони квен кунеб гьечӏо, рагъари дагьлъун буго. Гьеле рак унти ккеялъе квербакъулел цоги гӏиллаби. Гӏемер заманалъ гӏодорчӏей ва саяхълъиялда гӏумру тӏами ккола предстательнияб цӏекӏгьанада рак унти ккеялъе бугеб аслияб гӏилла.\n— Дагъистаниязул гӏемерал гӏарзал рукӏуна республикаялда медицинаялъул хъулухъ гӏодобегӏанаб даражаялда бугинги абун. Масала, гӏурал дараби рукӏунарин, халатал иргаби рукӏунин, хъулухъ гьабиялъул даража тохаб бугин. Республикаялъул онкологияб централда гьеб рахъалъ кинаб хӏал бугеб?\n— Араб гӏасруялъул 70-абилел соназда бараб онкоцентралъул минаялда унтаразе чӏезабун буго 200 койка, ай гьеб къадар тӏолабго Россиялда бугелдаса лъабго нухалда дагь буго. Гьеле халатал иргаби рукӏиналъе бугеб цо гӏилла. Дагъистаналда гӏадин лъабго миллион халкъ бугеб Россиялъул регионалъул онкоцентралда унтаразе чӏезабун букӏуна 600-700 койка. Республикаялъул сахлъицӏуниялъул министрасул кумекалдалъун онкоцентралда бана цӏияб поликлиника ва 60 койкаялъул стационар. Планалде босун буго гьениб радиологияб центр ва больницаялъул цоги корпус базе. Росана гӏемерал унти чӏезабулел алатал. Хӏалтӏизе байбихьана позитронно-эмиссионияб томограф.\nАмма камуларо цӏакъго багьаял цо-цо дараби гӏоларо рукӏиналъул квалквалги. Тохтурзаби гӏоларого рукӏиналъул масъалаги жакъа тӏубазабулеб буго.\n— Онкологияб хъулухъ къваригӏарабщиналдалъун хьезабиялда бюджеталъул гӏемераб гӏарац хвезабулеб бугониги, республикаялда ракалъ унтулезул ва холезул къадар цӏикӏкӏиналъе гӏилла щиб?\n— Тӏолабго дунялалдаго гӏадин, Дагъистаналдаги ракалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб буго. 2018 соналда республикаялда гьелъ унтаразул къадар бахун буго 151 азарго чиясде, гьоркьохъеб хӏисабалда щибаб соналъ республикаялда щивав 100 азарго чиясда гьоркьоса 80-100 чи унтулев вуго. Гьедин букӏаниги, унтулезул ва холезул къадар нилъер гьаниб Россиялъул регионаздаса саламатго дагь буго. Гьел хӏужабаз бицунеб буго республикаялъул онкологияб хъулухъалде харж гьабулеб гӏарац лъикӏал хӏасилал кьолеб къагӏидаялда хӏалтӏизабулеб букӏиналъул.\n— Онкологаз абулеб буго цудунго тӏатинабуни, рак унти сахгьабизе кӏолин, амма цудунго тӏатинаби захӏматаб масъала кколилан. Сунда бараб бугеб гьеб захӏмалъи: унти чӏезабиялъул гӏунгутӏабаздайищ яги гӏадамазул жидерго сахлъиялде гьечӏеб тӏадчӏеялдайищ?\n— Рак унти киналгӏаги гӏаламатаздалъун загьирлъуларо, гӏаламатал тӏатиндал, унтиялъ жиндирабго босула. Гьелъулъ буго аслияб масъала-захӏмалъи. Унти цудунго тӏатинабиялъул мурадалда, щивав чи вукӏине ккола тохтурасул халкквеялда гъоркь. Кинаб ригьалдаса байбихьун чи онкологасухъе ине кколевин абураб суалалъе чӏванкъотӏараб жаваб кьезе захӏмалъула. Амма 35-40 сон барав чи лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъниги гьесухъе ине ккола. Унти цудунго тӏатинабиялъул мурадалда, чара гьечӏеблъун ккола зама-заманалдасан республикаялъул тӏолабго халкъалъул цӏех-рех гьаби. Гьединаб цӏех-рех Россиялда халкъалъул ункъо проценталъул гурони гьабуларо.\n— Унти сахгьабиялъе гьаб заманалъул кинал къагӏидаби хӏалтӏизарулел?\n— Сахгьари бараб букӏуна унтиялъул даражаялда, унтарасул ригьалда ва гьесул чорхолъ ругел цогидал унтабазда. Аслияб къагӏидаялда унти сахгьабула хирургиялъул кумекалдалъун. Хӏасилазухъ балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-терапия, гормоно-терапия ва лучевая терапия. Жакъа къоялъул къагӏидабазул кумекалдалъун хирургас жигар бахъула унтараб лага цӏунизе. Масала, церетӏурал улкабазул хирургазухъа бажарула 95 проценталдасаги цӏикӏкӏун руччабазул, нахъе къотӏичӏого, керен цӏунун. Нилъер гьанибин абуни, гьелъул бицинего нечараб хӏал буго, хирургазухъа бажаруларо, цӏакъго дагьал руччабазул гурони, керен цӏунун. Къокъго абуни, нилъер республикаялда гьеб рахъалъ хирургияб хъулухъ хашго буго. Гьединлъидал захӏматго ракалъ унтарал чагӏи операциял гьаризе Россиялъул шагьаразул машгьурал медицинаялъул центразде ине ккола.\n— Ракалъ унтарал чагӏазе щиб гӏакълу дуца кьелеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьез тохтурасухъе хитӏаб гьабизе ккола ва сахгьаризе ккола гьелъие шартӏал ругеб хасаб больницаялда. Аслияб жо ккола унтарасул сахлъиялда божи ва тохтурасул хӏалбихьи. Ракалдаса ворчӏуларин абун, гӏумруялде квер хьвагӏун чӏезе бегьуларо, къеркьезе ккола. Аллагьасул хӏикмат камуларо, тохтурас хвезе витӏарав чи сахлъарал лъугьа-бахъиналги чанги ккола.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3693-rakalda-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3693-rakalda-l-alkial", "title": "Ракьалда лъалкӏал", "date": "2019-02-04 10:54:54", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏудияб хъизамалда талихӏги гьарзаяб букӏуна\nХӏинкъуге гӏемерал лъимал гьаризе. Гьел гӏемерлъанагӏан, гьарзалъула рукъалъул талихӏ\nГумбет районалъул Мелъелтӏа росулъ букӏана рохалилаб тадбир – эбелалда байрам ва республикаялъ кьураб иргадулаб шапакъат баркизе данделъун рукӏана лъималги, лъималазул лъималги, гӏагарлъиги.\n— Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Рукӏана нижер кӏудияб хъизамалда захӏматал къоялги, ункъо гъурушалъухъ 10 лъимер кваназабизе ккараб заманги. Рецц Тӏадегӏанасе, гьабсагӏаталда ниж цӏакъ лъикӏ руго. Бугониги, рекӏее лъикӏаб асар гьабула, нилъеде тӏалъиялъ кьолеб бугеб кӏвар бихьидалги, — гьадин байбихьана хабар кӏудияб хъизамалъул бетӏер Мухӏамад Сагӏидовас.\nМелъелтӏисезда лъала гьеб кӏудияб хъизамалъул гӏумру кинаб букӏарабали. Гьебин абуни букӏана бигьаяб гуреб, амма кӏудияб хъизамалъул талихӏаб нухдасан унеб. Бащдаб гӏасруялдасаги цӏикӏкӏараб заманалъ гьабулеб буго цадахъ гӏумру Мухӏамадицаги Анисатицаги. Гьез гӏезабуна анцӏго лъимерги: анкьго ясги лъабго васги. Бищун гьитӏинав Сагӏидил жакъа буго лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун сон. Гьанжеги киназго хӏикмалъи гьабула кингӏагидайин анцӏго лъимер хьихьунги, щивасул хъизан гӏуцӏунги Мухӏамадихъаги Анисатихъаги бажарарабилан.\nЛъабавго васасе минаги базе, ясалги ригьнаде кьезе, гьезие лъикӏаб тарбияги кьезе ккани, гьеб расги бигьаяб иш гурелъулха. Ракӏалде ккана Мухӏамадилги Анисатилги гӏумруялъул балъголъабазде яккизе.\n— Доб заманалда, ай цо лъимер хьихьизе ункъо гъуруш кьолел къояз, бигьа букӏинчӏо. Тӏадежоялъе хӏалтӏизе бакӏалги рукӏинчӏо, — ян байбихьана Мухӏамадица жиндирго хабар. — Рес букӏана цохӏо колхозалда хӏалтӏизе. Дир хъизан Анисатги яхъине ккана Тельманил цӏаралда бугеб колхозалда хӏалтӏизе. Цо лахӏзаталъ цебечӏезабеха гьадинаб сурат: анцӏго лъимадуе цин квен гьабе, гьелде тӏадеги гьезие къваригӏунебщинаб хъулухъ, хадубги — квен-тӏех, нухда бачине кколеб рукъалъул магӏишат, гьеб киналдего тӏадеги колхозалда хӏалтӏи. Киналгӏаги бигьалъаби рукӏинчӏо гьелъие, ахиралдаги, захӏматкъоял гӏолел гьечӏиланги абун, гӏарацги кьолароан. Доб мехалда нижер гӏадаб лъимал гӏемераб хъизан жеги кӏигоги букӏана районалда.\n— Кин кьураб нужеца лъималазе тарбия? Бищун кӏудияб кӏвар сунде кьолеб букӏараб?\n— Дагъистаналъул киналго хъизамаздаго гӏадин, нижецаги тарбия кьеялъулъ хӏалтӏизаруна магӏарул яхӏ-намусги, тӏадегӏанлъиги, чилъиги борцунел ва цӏунулел къанунал. Васазеги ясазеги кьолеб тарбиялъулъги букӏана батӏалъи. Васазулъ куцалеб букӏана къуватги, къвакӏиги, хъизамалда цебе жавабчилъи цӏикӏкӏинги. Ясал куцана хъизамалъул гъансито цӏунизе тӏадаллъун. Васаз хъулухъ гьабуна армиялдаги. Нижер тарбиялъул мурадги букӏинчӏо гьел бищунго лъикӏаллъун лъугьине кколин абураб. Амма лъалаан ва бичӏчӏулаан, кинаб ахӏвал-хӏалалде кканиги, гьел унго-унгоял гӏадамаллъун хутӏизе ва рукӏине кколеллъи.\n— Мухӏамад, кинха нужее гӏолеб букӏараб гӏарац хъизан хьихьизе?\n— Дун хӏалтӏулев вукӏана механиклъун. Риидалил заманалда унаан хъутаналде, комбайналда хӏалтӏизе. Гьенив хӏалтӏаралъухъ дие щолаан 5-6 тонна ролъул. Гьелде тӏадеги кьолаан силос, хер. Рес гӏуна, боцӏи-панз, чахъу-хух хьихьизе. Гьединго магӏарухъ, росдадаса рикӏкӏад колода, бекьулаан картошка, ламадур, чӏакӏултӏан ва цогидабги. Гьенир хӏалтӏизе гӏун рачӏунел ясалги рукӏана. Гьел радал хехго тӏаде рахъинеги кколаан. Гӏачиги речӏчӏулаан, хурир-харинирги хӏалтӏулаан.\n— Дида рагӏана сундулго рахъалъ мисалияб хъизан букӏанин нужерилан…\n— Мадугьалзаби гӏемер щолаан нижехъе къваригӏараб-таралда хадур. Амма киданиги рагӏулароан гьезда нижер рокъоб ахӏи-хӏур. Гьел хӏикмалъулаан, анцӏго лъимер бугеб хъизамалда жаниб бугеб сихӏкъотӏи бихьун. Щайгурелъул гьелъие заман букӏинчӏо, щивасул рукӏана жиндаго тӏадал ишал. Цо-цояз дида гьикъулаан лъабго лъимер бугеб жидер рокъоб букӏунин ахӏи-хӏур, дирин абуни гӏодобебиччай бугилан. Кинила гьеб бажарулебилан абун.\n— Кинха бажарулеб букӏараб?\n— Гьеб ккола дир хъизан Анисатил тарбиялъул балъголъи. Гьей киданиги лъималазде ахӏдолароан. Гьезги гьелдаса босана мисал, цоцазухъ гӏенеккана ва цоцазе кумек гьабизе ругьунлъана. Ахӏдон цоцазде кӏалъай нижер хъизамалда букӏараб тарбия гуро.\n— Кин гьединаб низам чӏезабун бажарулеб кӏудияб хъизамалда?\n— Ниж киданиги семулароан лъималазде. Гьел мекъи рукӏин бихьаниги, малъун гьабулаан. Киданиги гьабичӏо гьезде гӏайибги. Ясаздаяли щиб гурин, жеги цониги нухалда васазда кьабичӏо нижеца. Анлъго сон байдал, какалги рана лъималаз. Анцӏго сон гьез байдал, Къуръанги малъана цӏализе. Гьедин бачӏун батила нижехъе баракатги иманги.\n— Гьабсагӏаталда лъимал кир ругел? Кинаб бугеб гьезул къисмат?\n— Хъизан Анисатица анкьго класс гурони лъугӏизабун букӏинчӏо. Амма лъималаз цӏали гьабуна. Нажмудин цӏалана Махӏачхъалаялда бугеб Москваялъул нухазул институталъул филиалалда. Хӏажимурадица лъугӏизабуна механизаторал-бульдозеристал рахъунеб училище. Низамудин цӏалана Дамаскалъул исламияб университеталда. Шагьрузатица лъугӏизабуна Хасавюрталъул аграриябгун зкономикияб колледж. Кӏиго яс хехго ригьнаде кьуна. Гьезул киназулго буго хъизан-рукъ. Рецц Аллагьасе — дун разияв вуго дирго гӏумруялдасаги лъималазул талихӏалдасаги.\n— Нужер лъималазе нужеца кьечӏого хутӏараб жо бугищ?\n— Нижер лъимал кидаго рази рукӏана сундасаго, нижеца гьезие гьабулелдасаги кьун бажарулеб бугелдасаги. Кинабго букӏана гьоркьохъеб къагӏидаялда. Гьезие цӏакъ бокьулаан рацӏцӏа-ракъалъи. Школалдаги гьелъул рахъалъан мисалиял рукӏана гьел. Амма ясли-ахалда бакӏ щвечӏоха нижер лъималазе. Гьенире, аслияб къагӏидаялда, росулаан хъулухъчагӏазул лъимал. Битӏун бицани, захӏматго букӏана. Гьанже гӏадин, хӏухьлаца ракулел пучдулги, черолел машинабиги, цогидал санагӏалъабиги рукӏинчӏелъулха. Киналго кьижулаан цохӏо рокъор, печалда сверухъ.\nНижеца хабар бицунелъул, сихӏкъотӏун гӏенеккун чӏун йикӏана Анисатги. Дица гьелда гьарана росасул хабаралде тӏаде дагьа-макъабго жо жубайилан.\n— Дун цӏакъго хехго яхъунаан тӏаде — ункъо-щугоялдаго. Гӏачиги речӏчӏун, гьел рохьдолъе гъолаан. Гьелдаса хадуб лъималазе квен гьабулаан. Нижер рокъоб кидаго букӏунаан рахь, дицаго щар чӏван, бахъулаан нису-нах. Къойил черезеги кколаан. Лъимал школалдаса рачӏиналдеги, квен хӏадурулаан. Ясазе цӏакъ рокьулаан цӏурачадал, васазе — хинкӏал. Гьабулеб кинабго хӏалтӏулъ дир кумекчагӏилъун рукӏана лъимал. Хасго цӏикӏкӏарай ясалъ кверчӏвалаан сундаго.\nДие битӏккана дир хьолбохъ дунги дир захӏмалъабиги ричӏчӏулев гӏумруялъул гьудул вукӏинги. Гьес кидаго гьабулаан дие кумек. Гьанже дагьа-макъабго дун унтидалгицин, дир тӏалабалда вуго, рукъалъул магӏишат бачинеги кумек гьабулеб буго, кидаго гӏадин. Гӏумру гьабизеги бигьалъана. Лъималги кӏудиял гӏуна. Гьанже нижехъе къойил рачӏуна лъималги гьезул лъималги.\n— Васазе минаби рай нилъер гьаниб тӏадаб жо буго. Нужер васазул ругищ жалго бетӏергьанал минаби?\n— Щивасул буго, цӏакъго чӏухӏараб гьечӏониги, гьоркьохъеб мина. Дица Тӏадегӏанасе кӏудияб рецц гьабула гьадинав росасухъги иман бугеллъун лъугьарал лъималазухъги. Жакъа дун ккола бищунго талихӏал улбузул цояй. Жакъа дие щвараб гьаб шапакъатги — гьебги ккола дир талихӏалъул иргадулаб гӏаламатлъун. Гьадинал лахӏзатаз кӏочон тола захӏмалъабиги. Хӏурматиял улбул, хӏинкъуге гӏемерал лъимал гьаризе. Гьел гӏемерлъанагӏан, гьарзалъула рукъалъул талихӏги. Гьениб бижула кӏудияб рокьиги. Дун чӏухӏарайги йохарайги йиго дица ватӏаналъеги диегоги пайдаялъе гӏезарурал лъималаздаса.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "3737-gazal-ul-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3737-gazal-ul-balag", "title": "Газалъул балагь", "date": "2019-02-11 07:15:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Лъица бикъулеб бугеб ва налъи бецӏун бажариладай Дагъистаналъухъа?\nТӏубараб анкьалъ Россиялъул СМИяз бицана Гъарачай-Чергесиялдаса Арашуковал (васги эменги) низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз кквеялъул хӏакъалъулъ. Бицунеб буго, 32 сон барав Рауп Арашуковас, Федерациялъул советалъул сенаторас, 30 млрд гъуршиде газ бикъун бугилан абун. Гьайгьай, гьес гьеб жинцаго гуро бикъараб, гьеб бикъана такъсирияб къокъаги гӏуцӏун. Гьелда гъорлъ рехсолел руго Раупил эмен Раул Арашуковасулги («Газпром межрегионгаз» абураб тӏолгороссиялъул холдингалъул генералияв директорасул гӏакълучилъун вукӏарав), гьезул гӏага-божарал чагӏазулги цӏарал.\nМадугьаласул мисал:\nкин тӏаса хъвагӏалеб налъи\nЭменги васги Арашуковал низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз кквейги Дагъистаналда хадуб бугеб налъиги цоцада рачӏел лъугьа-бахъинал кколаро. Гьелдаса цебе низам цӏунулезул хӏалтӏухъабаз ккуна «Газпром межрегионгаз Махӏачхъала» абураб идараялъул генералияв директор Владимир Анастасовги. Абулеб букӏана, Дагъистаналда гьес бикъанин цогун бащдаб миллиард гъуршиде газ. Гьеб дагьаб жо гуроха. Амма гӏемер чиясда лъаларо, Анастасов дагьалъ цеве Санкт-Петербургалде щваравлъи ва Раул Арашуковасулгун гӏакълу дандбараблъи, ай щиб гьабилеб, уголовнияб дело рагьун бугин абун. Гьесги Анастасовасда малъун буго бажаранагӏан хехго улка-ракь тейин абун. Ва Владимирги ккуна, самолеталде вахунаго.\nГьелдасаги цебе, 2011 соналда «Роснефть» ОАОялъул кӏудияв Игорь Сечин щвана Ставрополалде – гьенив «Цогояб Россиялъул» рахъалдаса депутатлъиялде кандидатазул сияхӏалда тӏоцебесеб мухъилъ букӏана гьесул цӏар. СКФОялъул газалъухъ бугеб налъиялъул хӏакъалъулъ рагӏидал (РФялда бугеб налъул 40 процент), гьес тӏалаб гьабуна гьеб хӏужаялъул цӏех-рех гьабеян ва чӏванкъотӏарал тадбирал гӏуцӏеян абун. Гьеб мехалда «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абураб идараялъул нухмалъулевлъун вукӏана Р. Арашуков. Сечинил гӏакълуги гӏадахъ босун, рехсараб идараялъул нухмалъулез Арашуков витӏана жеги кӏудияб хъулухъалде – Санкт-Петербургалда бугеб «Газпром межрегионгазалъул» генералияв директорасул гӏакълучилъун.\nДагьалъ цебе, масала, Чачан Республикаялъул бетӏер Рамзан Къадировас гьадин лъазабуна: «Лъилниги рес гьечӏо жинца хӏалтӏизабичӏеб газалъухъ яги гьелъул цого кубометрабазухъ щуцӏул гӏарац кьезе. Регионазда ратани, газалъухъ налъиялда бан масъалаби, гьел тӏуразе ккола, ккаралъубги ккечӏелъубги Чачаналъул цӏар рехсечӏого… Мухӏкан гьабун букӏинчӏо, чан чияс хӏакъикъаталда газ хӏалтӏизабулеб бугебали. Гьечӏел, жаниб гӏумру гьабуларел, рагъда хварал яги рагъул заманалда гьаниса гочун арал гӏадамазда тӏад хъвалеб букӏана хӏалтӏизабичӏеб газалъухъ налъи. Кьучӏ гьечӏого налъи тӏад хъваялъул хӏужаби ккана рагъдаса хадусел соназдаги, регионалияб газалъул компания хӏалтӏизе байбихьараб мехалдаги, «Грозный межрегионгаз» абураб компаниялъ жидерго хӏалтӏул хӏасилал цӏакъал ругилан ургъунго чӏезабураб заманалдаги. Гьелде тӏадеги, дол соназда рукӏинчӏо газалъул хӏисаб гьабулел алатал ва гӏемераб газ билулаан республикаялде бачӏунеб нухдаго», — ян.\nЦебеккун лъазабун букӏана, 17 январалда гьабураб ЧРялъул прокуратураялъул искалда рекъон, Грозныялъул Заводской районалъул судалъ, «Газпром межрегионгаз Грозный» абураб компаниялда тӏадаблъун гьабунин, халкъалда тӏад хъван букӏараб ичӏго миллиард гъуршил налъи нахъе хъвагӏайилан абун.\nСМИяздаса гьеб хабар къватӏибе бачӏингун, ахӏи бахъана Россиялъул регионазда. Гьездаги ракӏалдещвана жидерго налъи ва регионазул закондателазул собранияз гьаруна прокуратураялде хитӏабал. Гьеб мисалалъул жидее пайда бахунареблъиги бичӏчӏун, Газпромалъулал рекӏеда ратана ва гьез лъазабуна, Грозныялъул судалъул хӏукму правоялъул нормабазде рекъонкколарин абун. Генералияб прокуратураялъ Чачан республикаялъул прокурорасда тӏадкъана, «Газпром межрегионгаз» ОООялъул апелляциялъул (данде хъвараб гӏарзаялъул) рахъкквеян абун. Гьелдаса хадуб ЧРялъул нухмалъиялъухъа рорчӏана батӏи-батӏиял, ай гӏаксаб магӏнаялъулцин, харбал ва гьез нахъе босана ЧРялъул прокуратураялъул сайталдаса доб хӏукмуги. Гьанже бичӏчӏулеб гьечӏо: Грозныялъул Заводской районалъул судалъул хӏукму хутӏанищ къуватаблъун яги гьеб хисизабизейищ бугебали.\nКинаб дарс бугеб гьеб мисалалъулъ? Тӏоцебесеб иргаялда, битӏараб буго Рамзанил пикру: щай кьезе кколеб гӏадамаз гӏарац жидеца хӏалтӏизабичӏеб газалъухъ?\nКин бикъулеб?\n«Воре, цӏогьор ккве!» — ан бищунго цеве ахӏдола цӏогьор» абураб кици буго. Гьедин, Дагъистаналда бахъараб газалъухъ налъиялъул ахӏиги буго цӏогьодизе ругьуназул ахӏи. Къуваталъул идарабазул хӏалтӏухъабаз кинабго мухӏкан гьабуна ва, мисалалъе, ккуна Анастасов ва цогидалги. Амма бичӏчӏуларо: кин гьел газалъул менеджеразухъа бажарулеб, миллиардазде гӏунтӏун гӏарацги бикъун, «яхӏ гьечӏел» потребителазул хӏакъалъулъ харбал рицине? Гьале газ бикъиялъул цо чанго къагӏида:\n1. Газалъухъ гӏарац кьезе лъугьуна гӏадамал, амма газалъул компаниялъул вакилас гьезда «бичӏчӏизабула» пуланаб къагӏидаялда рекъон, налъи тӏаса хъвагӏазе бегьулин абун. Кин гьеб гьабун бажарулебалиги, жидедаго лъалеб батилаха.\n2. Газалъул регионалиял вакилзабаз гьабула бакӏалъул предпринимателазулгун балъгояб къотӏи ва гьезие бичула цӏатари. Гьедин бикъараб газ хъвала гӏадамазда тӏад. Гӏемерисезда гьеб бичӏчӏуларо ва кьола хӏалтӏизабурабги тӏаде хъварабги газалъухъ гӏарац, амма цо-цояз, гьебги лъан, ахӏи бахъинабула. Амма судалде хьвадун, ритӏухълъи чӏезабизегӏан гӏемер заман уна. Гьеб заманалда балъгояб къотӏиялда гъолбасаразе рес щола финансазул документазда (хадубккун гьел хисизаруларо) мекъал баянал хъвазе. Гьелдалъун кагътида хутӏула «халкъалъул налъи». Хисизаризе бегьула компьютералде росарал счетчикалъул баяналги.\n3. Бикъараб газ хъвала хваразда тӏад – гьезухъа налъи бецӏизабун бажаруларелъулха.\n4. Бикъула газалъул мухъал цӏигьаризе яги къачӏазе кьураб гӏарац. Нухда газ биличӏого букӏине абун, кьола газалъул рогӏрал цӏигьаризе гӏарац. Гьел «цӏигьарула», амма лъагӏалидасан цоги нухалда къачӏазе ккеледухъ. Гьедин гьабула чанго соналъ тӏатӏалаго.\n5. Цоги къагӏида – гӏадамазе бачӏунеб газ цогидаб рахъалъе бичи. Ругел газалъул мухъаздаса бачӏунеб газалъул къадар цӏикӏкӏинабула. Гьебмехалда хӏажалъула газалъул хӏисаб гьабулел алаталгун «хӏалтӏизе», ай газ бикъун щвараб гӏарцул бутӏа кьезе ккола счетчикал хӏалтӏизарулев чиясеги. Кӏиабилеб нух – газалъул мухъилъе бачуна хӏисабалда гьечӏеб рогӏоро. Гьеб ккола гӏумруялъе хӏинкъи бугеб иш, амма «межрегионгазазул» нухмалъиялда гьеб лъала ва гӏумруялъе хӏинкъи ккеларедухъ хӏалтӏи гьабизе тола.\nХӏасил\nАхираб кӏиго соналда жаниб дагъистаниязда хадуб налъи цӏикӏкӏана микьго млрд гъурушалъ. Газалъухъ гӏарац кьолезул къадар бахуна 30-гӏан проценталде.\nМухӏкан гьабизе ккола хӏакъикъиябги тӏад хъварабги налъи. Владимир Васильевасги чанцӏулго абуна батӏи-батӏиял предприятияз газалъул мухъалде рогӏрал рачиналъул хӏакъалъулъ. Гьеб буго цо-цо пачалихъиял идарабазулги «Межрегионгазалъул» хӏалтӏухъабазулги «квербакъиялдалъун» тӏегьалеб букӏараб цӏогь. Гьайгьай, лъикӏаб гьечӏо СКФОялдагун Дагъистаналда газалъухъ гӏарац кьеялъул гӏадлуги. Улкаялъул президент В. Путиницаги цебего лъазабун букӏана, Дагъистаналда гӏадлу гьабеян абун. Гьелде регӏана гӏицӏго гьанже. Щайдай?\nДир пикруялда, санкциязул хӏасилалда гӏарцул рахъалъ хӏалкъайдал. Кӏиабилеб гӏилла, РФялдаго такъсирчилъи тӏибитӏун букӏин, хасго СКФОялда. Гьединлъидалги батила, федералияб централъ байбихьана регионал цӏацӏазе. Къуваталъул идарабаз хӏалхьи толеб гьечӏо, анцӏ-анцӏгун нус-нус миллиардал рикъарал хӏакимзабазе. Централъ рахӏат хвезабун буго цогидал регионазулги, амма ахӏи бахъунеб буго, СМИязе «цӏакъго рокьулелъул», СКФОялъул регионазул хӏакъалъулъ.\nРегионазул халгьабиялдалъун ва бакӏалъул хӏакимзаби жанир тӏамиялдалъун, дир пикруялда, гьеб масъала тӏубазе гьечӏо. Хъуй гӏемерлъила, амма хайир ккеларо. Халкъ божуларо ришватчилъиялде дандеян абун тӏоритӏулел тадбиразда. Камуларо, гьеб ургъунго ва цебеккунго хӏадурараб иш бугилан абулелги. Байбихьизе ккола тӏадегӏанаб нухмалъиялдасан – гьебмехалда халкъалда бичӏчӏила хӏакъикъаталдаги ришватчилъиялде данде рагъ балеб букӏин.\nДенга Халидов"}
{"slug": "3740-chiukhiula-dag-istan-dur-kharbidal-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3740-chiukhiula-dag-istan-dur-kharbidal-un", "title": "Чӏухӏула, Дагъистан, дур харбидалъун…", "date": "2019-02-11 07:23:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "4 февралалда, имам Шамил хвараб къоялъ, гьесул хӏурматалда батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏи гӏадатлъун лъугьун буго\nХӏамзатил Расулил цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, имам Шамилил цӏаралда бугеб гуманитариял цӏех-рехазул централъул хӏаракаталдалъун, тӏобитӏана гьев миллияв багьадур, кӏудияв инсан, рагъулав цевехъан, гӏалимчи ва шайих ракӏалдещвеялъулаб сордо.\nХваралдаса 148 сон баниги, кинаб политика пачалихъалда букӏаниги, кӏочон толев гьечӏо халкъалда жиндирго бахӏарчияв, дунялалдаго цӏар рагӏарав вас. Щибаб цӏияб гӏелалъе, хасго гӏолохъабазе бокьун буго гьев кӏудияв инсанасул хӏакъалъулъ кӏванагӏан гӏемераб жо лъазе, мухӏканго, гъваридго ва камилго бичӏчӏизе гьесул инсанасулаб тӏабигӏатги бечедаб тарихги.\nГьедин гьеб букӏин бихьизабуна исана 4 февралалда тӏобитӏараб тадбиралъги. Аслияб куцалда гьенире данделъунги рукӏана гӏолохъанаб гӏел: студентал, цӏалдохъаби, бизнесменал, гӏелмиял хӏалтӏухъаби, политикал ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи. 190 чиясе хӏисаб гьабураб залалда, гӏодор чӏезени щайгурин, рахъун чӏезецин бакӏ букӏинчӏо. 200-гӏанасев чи къватӏивги хутӏана, хъаравулзабаз жанире риччачӏого.\nДанделъиялъул сурат берцин гьабуна гьенире рачӏарал гӏолохъанал ясазги руччабазги. Цере-цере гьел къанагӏатцин рукӏунароан гьединал тадбиразда. Гьеб хӏужаялъги бихьизабулеб буго имам Шамилидехун халкъалда гьоркьоб рокьиги гъираги цӏикӏкӏунеб букӏин. Гьедин, гьений йикӏарай цо пуланай гӏаданалъ, тадбир лъугӏун хадуб, гьелъул хӏакъалъулъ Интернеталда хъван бугоан гьадин: «Гъираялда гӏинтӏамуна тарихчагӏазухъ, гӏалимзабазухъ ва лъана жеги гӏемерал гӏажаибал хӏужаби имам Шамилил гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Гьанже дица жеги кӏудияб шавкъгун ва рекӏел соройгун бижизабизе буго дирго лъималазулъ Дагъистаналъул тарихалде рокьиги хӏурматги», — ян.\nРехсараб тадбиралда Шамилил хӏакъалъулъ лъаларел, жеги гӏелмуялде жанире рачинчӏел, цӏиял хӏужабазул суалалгун церерахъана тарихиял гӏелмабазул доктор Хӏажимурад Доногъоги, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевги, тарихиял гӏелмабазул кандидат Шагӏбан Хӏапизовги. Масала, Хӏажимурад Доногъоца бицана гъоркьиса риидал Чачаналде гьабун букӏараб сапаралъул хӏакъалъулъ. Гьениб, Гӏалистанжи росулъ, чачаназ бицухъе, юкъун йиго имам Шамилил эбел Баху-Меседо. Амма гьеб хӏужа дандекколаро хӏакъикъаталде, щайгурелъул, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил тӏохьода кьурал баяназда рекъон, гьеб росулъ юкъун йиго имамасул лъади Патӏимат. Гьесул эбелалъул хоб буго Генуб росулъ. Гьединго Хӏажимурад Доногъоца бицана гъоркьиса чанго гьалмагъгун цадахъ Ахӏулгохӏалъул нахъисеб, бихьулареб рахъалъул гьабураб хал-шалалъул хӏакъалъулъги. Гьенибе бахъараб цӏакъ захӏматаб, хӏинкъараб нухалъул хӏасилалда, гӏалимчияс бицухъе, гьесда гӏицӏго гьениб бичӏчӏун буго гьеб машгьураб гохӏалъул хӏакъикъияб суратги, гьеб цӏунулезул бахӏарчилъиги, гьезда бихьараб къоги. Гӏалимчияс бицунелдехун гьенир рукӏаразул жеги цӏикӏкӏун кӏварбуссинабуна, Ахӏулгохӏалъул рагъулъ гӏахьаллъарав, хадув Россиялъул рагъул министрлъун вукӏарав Д. А. Милютиница гьенир квералъ рахъарал цӏакъ къиматал суратаз.\nГӏалимчияс абуна жиндие гӏемерал суалал кьолила гӏолохъабаз щив авторасул, кинал тӏахьал жидеца Кавказалъул рагъул, имам Шамилил хӏакъалъулъ цӏализе лъикӏал рукӏинелилан. Гьеб суалалъе жаваб хӏисабалда, гьес экраналда рихьизаруна гьеб темаялда тӏасан хъварал батӏи-батӏиял авторазул асарал ва абуна гьездаса бегьилила пайда босизе.\nФилологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас жиндирго кӏалъай сайгъат гьабуна къватӏисел улкабазда ругел имам Шамилил наслабазул тарихалъе. Гьес бицараб жоялъги рихьизарурал къиматал ва къанагӏатал суратазги кӏудияб чӏаголъи бижизабуна тадбиралда гӏахьаллъаразда гьоркьоб.\nГӏалимчияс борхараб кӏиабилеб суал букӏана имам Шамилие турказул падишагь Гӏабдул-Гӏазизица генералиссимусасул цӏар кьеялда бан. Ахирал соназда гӏусманиязул архивазда гьарурал цӏех-рехазул хӏасилалда гьенир ратана гьеб цӏар кьеялъул хӏужа баян гьарулел документал. Гьезда гьоркьоб къиматаблъун ккола имам Шамилиеги, гьесул вас Гъазимухӏамадиеги, Илисуялдаса Даниял-бегиеги, Таргъуялъул шамхал Абумуслимиеги ва цогидазеги рагъулал цӏарал кьеялъул хӏакъалъулъ бицунеб документ.\nИмам Шамилил рукӏарал машгьурал наибзабазул цояв, Илисуялдаса Даниял-бегил балагьаб гӏумруялъул, Истамбулалда, Каражаахӏмад хабалазда гьесул хоб батиялъул хӏакъалъулъ бицана тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас.\nГьарурал кӏалъаязги, рихьизарурал документазги, суратазги, суалазе кьурал жавабазги кӏудияб асар гьабуна тадбиралда гӏахьаллъаразе. Бихьулеб букӏана, жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъе тарихияб лъай гӏолеб гьечӏолъи, гьеб гьелдехун цӏалеб букӏин ва гьениб хасаб бакӏ кколеб букӏин имам Шамилил, гьесул гӏумруялъул гъазаваталъул темабаз.\nЖеги цо чанго соналъ цебе имам Шамил хвараб къоялда хурхун тадбирал тӏоритӏулел рукӏана гӏицӏго Дагъистаналда. Къватӏисел улкабаздайин абуни – Турциялда. Гьанжейин абуни 4 февраль, кӏудияв имам ракӏалдещвеялъул къо хӏисабалда, бахун буго халкъазда гьоркьосеб даражаялде.\nЛъагӏел байбихьаралдаса нахъе имам Шамилил темаялъ кӏудияб бакӏ ккуна социалиял гьиназда. Гьесул хӏурмат гьабун, 3-4 февралалда Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги вакилзабазул диаспорабазги, жамгӏиял гӏуцӏабазги, жамагӏатазги тӏоритӏана мажлисалги, мавлидалги, кӏалъаялги, бачана зикруги, цӏалана лециялги. Гьедин, 5 февралалда Томск шагьаралъул мажгиталда, имам Шамил хваралдаса 148 сон тӏубай кӏодо гьабун, зикру бачана Цӏоралъул магӏарулазул жамагӏаталъ.\nЦебехун абухъего, кӏочон толев гьечӏо имам Шамил къватӏисел пачалихъаздаги: Гӏиракъалда, Иорданиялда, Турциялда ва цоги бакӏазда. 4 февралалда гӏемерал гӏадамазда ракӏалдещвана гьев, гьесул рухӏалдасан гьабуна дугӏа-алхӏам. Кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ хъварал макъалабазги, баяназги, пикрабазги, гьесул суратазги кӏудияб бакӏ ккун буго, масала, Россиялъулги къватӏисел пачалихъазулги сайтазда.\nТурциялъул Анкара, Баликесир, Бурса, Кахраманмараш, Муш, Сивас, Токат ва цоги шагьаразда февраль моцӏалъул байбихьуда дагъистаниязулги Северияб Кавказалъул мугьажирзабазулги жамагӏатаз ва жамгӏиялгун политикиял гӏуцӏабаз тӏоритӏана имам Шамил ракӏалдещвеялъе сайгъат гьарурал батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, 4 февралалда «Кавказ» фондалда «Гӏусмани архивазда имам Шамил» абураб темаялда тӏасан лекция цӏалана тарихчи, профессор Мустафа Озсойица, Гюней росдал мажгиталда бачана мавлид.\nЩибаб соналъ, 4 февралалда нилъеда ракӏалдещола имам Шамил, гьесул гӏумру, рагъулаб хӏаракатчилъи, рикӏкӏадаб Мадинаялда гьесие щвараб Аллагьасул къадар ва гьеб гуреб жеги гӏемерабги. Гьелдаго цадахъ бичӏчӏулеб буго нилъгоги кӏодолъулел, камиллъулел рукӏин, кӏодолъулеб букӏин нилъер гьудул-гьалмагълъи, цоцаздехун бугеб гьоркьоблъи, къадру-къимат, адаб ва хӏурмат. Гьеб буго имамасул баракатги шапагӏатги. Нилъ, магӏарулал, чӏаго ругебгӏан мехалъ, нилъер халкъалда кӏочон тезе гьечӏо имам Шамил, нилъер щивасул рекӏелъги пикруялъулъги букӏине буго гьесул гьайбатаб сипатги дунялалда ватӏан рагӏизабураб бахӏарчияб гӏумруги. :\nАхӏмад Муртазагӏалиев"}
{"slug": "3741-dandel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3741-dandel-i", "title": "Данделъи", "date": "2019-02-11 07:24:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъикӏал хӏасилалги гӏемерал масъалабиги\nСагӏудиязул Гӏарабиялдецин бегьула хер бичизе\nХалатбахъараб ракъдаллъиялъ ва цӏакъго кӏудияб гӏатӏилъиялда тӏибитӏараб гарцӏалъ гӏемерал квекӏенал гьаруниги, гъоркьиса нилъер росдал магӏишаталъ рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьадинал баяназги: могьолал культурабазул (ролъ, пурчӏина, пиринчӏ, цӏоросаролъ) бакӏарана 359,5 азарго тонна (пачалихъияб программаялъ бихьизабуралдаса щуазаргоялъ цӏикӏкӏун), 173,3 азарго тонна цӏолбол (2017 соналде дандеккун 103,4 процент), гӏезабуна 256,8 азарго тонна гьанал (чӏагояб цӏайи, 102,9 процент), 892,6 азарго тонна рахьдал (101,9 процент), щвана 15,1 азарго тонна квасул (цебесеб соналъулго къадар). 59,4 гектаралда рана теплицаби, 1450 гектаралда чӏана ахал ва 1081,9 гектаралда цӏибил. Хӏалтӏизе риччана пиринчӏ (лъабго), рахь (кӏиго) ва гӏанкӏудал гьан (цо) къачӏалел цӏиял цехал. Цебесеб соналдаса гӏезегӏан цӏикӏкӏун буго босараб техникаялъул къадарги. Гьелда цадахъго камун гьечӏо тӏурачӏел тӏадеросиялги церечӏарал масъалабиги. Масала, дагьго ракӏарана овощал — 1438,5 азарго тонна (2017 соналде дандеккун 99,8 процент), картошка – 356,3 азарго тонна (84,6 процент). Мукъсанаб буго тайпадулаб боцӏул къадар — гӏаммалдаса 3,2 процент, кӏудияб буго магӏишатияб ракьул хӏалтӏизабулареб бутӏа – 129,5 азарго гектар. Пачалихъияб программаялда рекъон, 2019 соналда нилъеца гӏезабизе ккола 363,3 азарго тонна могьолазул, 176 азарго тонна цӏолбол, 1534 азарго тонна овощазул, 190 азарго тонна пихъил, 240 азарго тонна гьанал (чӏагояб цӏайи), 913,1 азарго тонна рахьдал. Ахал чӏезе ккола 1298 гектаралда, цӏибил — 900 гектаралда.\nРосдал магӏишат цебетӏеялъе бюджеталъ биччазе буго 3 млрд 529 млн гъуруш (гъоркьиса биччан букӏана 3 млрд 322 млн гъуруш).\n31 январалда, миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб коллегиялда гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Коллегиялда гӏахьаллъана хӏукуматалъул председатель Артем Здунов, пачалихъалъул ва хӏукуматалъул гӏемерал идарабазул нухмалъулел, районазул бутӏрул, росдал магӏишаталъул управлениязул ва магӏишатазул нухмалъулел. Тӏоцебе рагӏи босарав Здуновас киналго гӏахьалчагӏазда баркана лъикӏал хӏасилалгун 2018 сон лъугӏи ва абуна лъикӏаб букӏинаанин жакъасеб данделъиялда цохӏо гьел хӏасилазул, росарал бергьенлъабазул хӏакъалъулъ бицун течӏого, рорчӏарал гъалатӏазулги, гӏоларел рахъазулги, ругел масъалабазулги суал борхани. Аслияб кӏалъай гьабурав Гӏабдулмуслимовас рорхана гӏемерал кӏвар бугел суалал ва гьезда гьоркьор рукӏана, цо-цо специалистаз рехсолеб букӏаниги, официалиял идарабаз кинго мухӏкан гьаруларого рукӏаралги. Масала, гьабсагӏаталда республикаялда буго 4,35 млн бетӏер гӏи-цӏцӏаназул (цебе абулаан 5,3 млн. бугин) ва цо миллионалде бахинчӏеб къадаралда чӏегӏерхӏайван (гьелъулги къадар бихьизабулаан миллионалдаса тӏаде араблъун). Бицана, бербалагьи тохлъани, жиндир заманалда гьелде данде рагъ гьабичӏони, гьитӏинаб гарцӏалъ гьабулеб кӏудияб заралалъул хӏакъалъулъ. Гьеб балагьалдаса цӏуниялъул мурадалда хӏалтӏи гьабиялъе исана бюджеталда бихьизабун буго 30 млн гъуруш, ургъулел руго гьеб хӏалтӏулъ, цохӏо химия гуреб, цоги къагӏидаби рилълъанхъизариялда тӏадги. Жавабиял хӏалтӏухъабазда гьес лъазабуна, электронияб къагӏидаялда ветеринарияб сертификат щвезелъун, гӏи-боцӏухъанлъиялъул нигӏматал хӏадурулел киналго юридикиялгун магӏишатиял гӏуцӏаби «Меркурий» системаялде гъорлъе лъугьиналъе хехлъи гьабизе ккун бугиланги.\nТӏадбан унеб хӏалтӏул хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалда гьоркьов вугев министрасе цо чанго суал кьезе рес щвана диеги.\n— Кин араб, дур пикруялда, жакъасеб данделъи?\n— Нужедаго бихьанаха кинабго. Бицана лъикӏал хӏасилазул хӏакъалъулъги, рехсана ругел масъалабиги, дандрана церечӏарал суалалги. Щивасул букӏана рес, жиндирго пикраби загьир гьарун, цеве вахъине. Тадбир ана лъикӏаб даражаялда, пайдаяб куцалда.\n— Кинаб букӏинин кколеб дуда гьаб сон росдал магӏишаталъе?\n— Хьул буго гьаб сонги букӏинин роцӏараб, гвангъараб, пайдаяб ва бечедаб.\n— Дуца абуна нилъер рес бугин люцернаялъул хер Сагӏудиязул Гӏарабиялъе бичизеги. Битӏун бугищ гьеб?\n— Балъголъи гуро гӏарабазул улкабазде Европаялдаса хер баччулеблъи. Гъозул руго нилъее хӏажатал «нартил долларал», нилъер руго гъозие хӏажатаб люцернаги, гӏиял гьанги (2018 соналда гьелъул ункъазарго тонна ана къватӏисел пачалихъазде бичун, исана ине ккола анлъазаргогӏанасеб), пиринчӏги. Гьеб суал тӏубаялъул мурадалда гьабулеб хӏалтӏиги буго.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "3742-kin-jigej-magiarulaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3742-kin-jigej-magiarulaj", "title": "Кин йигей, магӏарулай?", "date": "2019-02-11 07:26:54", "categories": ["obshestvo"], "text": "Саидал гӏумруялъул гӏидраялда\nКъисматгун къеркьезе къуват гӏурай\nГьаб макъала хъвалелъул, ракӏалдещвана мунагьал чураяй эбел Хӏалиматица дие бицунеб букӏараб гӏажаибго хӏикматаб, цӏакъ жинда божизе бачӏунеб хабар. Гьеб жиндиеги жиндир эбел Сайгибатица бицанилан абулаан гьелъ:\n— Инсан вижулелъул, Тӏадегӏанас цин цебе бижулила гьесул къисмат. Гьелда лъалила вукӏинесев бетӏергьанасул анищалги, хьулалги, пикрабиги. Цинги къисматалъ тӏасарищулел рагӏула жиндиего рокьарал анищал, цинги гьезда баулеб рагӏула. Къисматалъ баарал анищал тӏуралелги рагӏула.\nГьеб хабаралъ цӏидасанги асир гьаюна дун, араб анкьалда газеталъул редакциялде гьоболлъухъ ячӏун йикӏарай, берцинай гӏолилай Саидалгун лъай-хъвай ккедал. Дида абуна гьелъул гӏажаибаб къисматалъул хӏакъалъулъ хъвазе кколилан.\nЕлъулаго, дица абуна гьадинай гӏолохъанай ясалъе гьанжеялде гӏажаибаб къисмат кин щварабилан.\nУнго-унголъунги гьеб батана кинабго жубараб: магӏуги релъиги, рохелги пашманлъиги ва талихӏги. Гьеб киналъулго цӏакъго цӏакъ махӏ берцинаб квацӏиги гьабун, седон бугоан Саидаца жиндирго къисмат.\nЛъимерлъиялъул согӏал\nСаида гьаюна ва гӏуна Гъизилюрт районалъул Кироваул росулъ. Рорхатал мугӏрузул Цӏумада районалда кьалбал риччараб кьвариялъулги, къвакӏиялъулги, къохӏехьеялъулги гӏамалалъ лъадарулеб букӏана гьелъул лъимерлъи. Букӏана Саидалъ гӏанчӏлъи-гогьлъиги. Къойил йоржунаан гьей талихӏалде данде. Талихӏалъги гьелъухъе битӏулаан жиндирго рогьелги гьогьенги. Киналго гьитӏичазе гӏадин, гьелъиеги бокьулаан ясандизе. Цо къоялъ школалъул азбаралда ясалгун ясандилей йикӏарай Саида гӏодой ккана. Амма лъиданиги лъалеб букӏинчӏо гьеб гӏодойккеялъ Саидал лъимерлъиялда кӏудияб согӏ лъураблъи. Ботӏрода гӏамгӏара кӏанцӏана. Учителалъги, рокъоб эбел-инсуцаги, цӏорораб лъим чӏван, нахъе инабулеб букӏана гӏамгӏара. Квеш-лъикӏ, сахлъизаюна гӏодой ккарай Саида.\nУнкъилаб къиматалъул\nкъваридаб къиса\nСаида цӏалулей йикӏана гӏицӏго щуйилазда. Амма цо къоялъ гьелъие щвана ункъилабги. Гӏемер гьардана гьей учительницаялда жиндие ункъилаб лъогейилан — хӏасил ккечӏо. Гӏодилаго, цӏакъ ракӏбакъван, рокъое щварай Саидал доб кидаялиго гӏодой ккун унтун букӏараб бакӏалдаса бетӏер цӏидасанги унтизе лъугьана. Ракӏбакъвайдал унтун батилилан, кӏварго кьечӏого тана гьеб унтиги. Амма заманалдасан Саида гӏодой ккана, гӏакълу-лъаялдаса ана. Цинги — больница, тохтурзаби…\nАхирги лъана Саидал гӏузрабазе гӏилла — гӏадалнахуда бижун батараб жоялъ кӏотинаюлей йикӏун йиго гьей.\nГӏумруялъе гӏоло къеркьей\nГьабуна Саидае захӏматаб операция. Кигӏан тохтурзабаз гьукъаниги, дагьабниги мадар лъугьарабго, гьей гӏедегӏулаан школалде.\nГьелда ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо къисматалъе къуркьизе. Кӏиязулго, къисматалъулги Саидалги букӏана кутакаб дандечӏей. Данде язегицин тезехъин йикӏинчӏо гьей къисматалъ. Гьале иргадулаб кьаби — цо къоялъги тохлъукьего нахъехун рехун ана гьей. Ва бусаде ккана. Саидада кӏолеб букӏинчӏо, тӏаде яхъинеяли щиб гурин, кьуризецин. Кодой ккун, йосулаан гьей къваригӏел тӏубазеги. Амма зама-заманалдасан Саидада аскӏор эхетулел рукӏун ратила къисматалъ баарал анищал. Гьез кверде йосарай гьелъухъе бачӏунаан гӏажаибаб жан-жигарги кинабалиго къуватги. Саидада ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо унтуе мукӏурлъизе. Ва байбихьана гӏолилалъул унго-унгояб къеркьей.\nГьелъ гьаб нухалдаги инкар гьабуна тохтурзабазухъ гӏенеккизе. Цӏали рехун течӏо. Дагь-дагьккун кӏвана тӏаде яхъине, амма гьелда тохтурзабаз гьеб ахир бугиланлъидалха абулеб букӏараб. Саидада ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо инвалидазул коляскаялда гӏумру тӏамизе. Къеркьана, къеркьана ва нахъеги къеркьана…\nЦӏияб гӏумруялде\nтӏамурал галаби\nДагьабго мадар лъугьиндал, Саидада абулеб букӏана рикӏкӏадасан лъимал цӏализарулеб централда цӏаланиги гӏелилан. Амма талихӏаб гӏумруялъул рагьдухъе щвезе хӏаракаталда йигей гӏолилалъ гьелдасаги инкар гьабуна. Гьелъ гӏумруялда кьварун лъазабуна жий дагьабги берцинаб талихӏалъе мустахӏикъай йигилан. Жийго жиндаго чӏун, рокъосез кумек гьабун, къезабуна Саидаца унти. Ва цӏидасанги — школа. Цӏидасанги гьимана Саидае къисматалъ баарал анищал.\nКъисмат, къабул гьае дун\nЛъугӏана школа гӏицӏго щуйилазда. Саида йоржуней йикӏана жиндирго цӏваялъухъе. Гьелъ тӏавап гьабулеб букӏана къисматалъул бищунго тӏадегӏанал тӏогьазда. Тӏокӏаб батӏияб къисмат букӏине ресги букӏинчӏо цӏумазул улкаялдаса гӏолилалъул.\nГьабсагӏаталда Саида Сагитова цӏалулей йиго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул философиялъулгун психологиялъул факультеталда. Цӏалулейги йиго гӏицӏго щуйилазда.\nСаидаца жиндирго къисматалъул хӏакъалъулъ бицунелъул, дир гӏанаби чурулел рукӏана цӏамхӏалаб магӏуялъ. Гирунго гирун рачӏунел гьезгицин баркалайилан ахӏулеб бугин кколаан. Гьеб букӏинчӏо къваридаб магӏу. Гьелъулъ букӏана кӏудияб рохел — жиндирго къисматгун къеркьезе къуват гӏурай бахӏарчияй мугӏрул ясалъул гӏенеккарал пана гьарулеб къисаялъухъ тӏолеб рохалил магӏу.\nТӏурарал анищазул гъасда\nЖакъа Саидаца жиндирго рекӏелъ бакун буго гурхӏел-рахӏмуялъул кӏудияб цӏа. Щибаб къойил гӏадин гьей щола бесдал лъималазухъе, жиндирго букӏараб гӏадаб унти бугезухъе, гьелъ тӏадруссинарула гьезул хьулал, анищал, ракула гьезул ракӏазулъ сун инехъин ругел чирахъал. Масала, цӏакъго пайдаяйлъун йиго гьей Махӏачхъалаялда Лиза Чайкинал къотӏноб бугеб бесдал лъималазул рукъалъе. Гьей щола талихӏ биларал гьитӏичазухъе, тӏоритӏула гьелгун батӏи-батӏиял тадбирал, хӏаял. Гьел гьечӏеб гӏумругицин цебечӏезабизе захӏмат буго жакъа Саидае. Гьединго кӏудияб бухьен буго гьелъул «Благосфера» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъулгун. Саидаца тӏоритӏула психологиял тренингал, хӏаязул кумекалдалъун сахгьариялъул тадбирал, гьелда кӏола, жиндирго гӏадин, цогидазулги гӏумруялдаса тӏун унеб бугеб рокьи тӏадбуссинабизе. Гӏумруялъулъ цохӏо жиндиего хасаб бакӏ батана Саидада.\nГӏадамал, дие нуж рокьула\nГара-чӏвариялъул ахиралдаги Саидаца абуна:\n— Дие цӏакъ бокьула гӏумру. Гьеб бокьиялъ тӏамуна дун гӏузрабигун, сакъатлъигун къеркьезе. Гӏадамал, нужги рокьула дие. Нуж рокьиялъги кьуна дие къуват кьогӏлъизе ракӏалда букӏараб къисматгун къеркьезе. Дир кӏудияб гьари буго нужеде — лъикӏаб рахъалдехун. Гӏумруялъул тӏинда бугеб нужерго талихӏалъул кӏул кодобе щвезе хӏаракат бахъе. Къеркьей, къеркьей… Ва нахъеги къеркьей. Гьеле гьединаб буго дир гӏумруялъул ахӏиги. Кьеркьезе ккола, гьелъул хӏасил ккезегӏан. Къуркьуге захӏмалъабазе. Гьеле гьедин ахӏизе бокьун буго дие, унтараздеги сахаздеги. Хӏаракат бахъе нилъерго сверухълъи берцин гьабизе,- ян. Гьединал руго Саида Сагитовалъул гӏумруялъул дарсал.\nКъисматалъ баарал анищазул куркьбазда йоржун арай Саидада хадуй рухӏдалго ялагьун хутӏана дун.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3797-millatal-ul-tialabalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3797-millatal-ul-tialabalda", "title": "Миллаталъул тӏалабалда", "date": "2019-02-20 11:43:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мацӏ бугони — буго халкъ, мацӏ гьечӏони — гьечӏо халкъ\n14 февралалда «Гьудуллъиялъул рокъоб» тӏобитӏана «Дагъистаналъул халкъазул\nмацӏал цӏуни ва церетӏезари» абураб цӏаралда гъоркь гургинаб стол\nГьеб данделъиялда гӏахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутат, «Рахьдал мацӏазул ассоциация» гӏуцӏиялъул нухмалъулев Хӏажимет Сапаргӏалиев, ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумарова, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалей, рахьдал мацӏазул учительзаби, вузазул преподавательзабигун студентал ва журналистал.\nДанделъиялда рорхана гӏезегӏан кӏвар бугел суалал, бицана жакъа щивав чиясда церечӏун ругел масъалабазул. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицине буго газеталъул хадусеб номералда."}
{"slug": "3799-ritiuchiazul-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3799-ritiuchiazul-nukh", "title": "Ритӏучӏазул нух", "date": "2019-02-20 11:51:08", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Къотӏарал лълъурдузул цо кило бичула 10 азарго гъуршиде\nДагъистаналда гӏезегӏан руго батӏи-батӏиял тайпабазул гӏаммал магӏишатал (СПКял, агрофирмаби, ГУПал ва цогидалги). Гьездаго гьоркьоб буго хасаб хаслъи бугеб магӏишатги — Алмахъ росдал «Алмахъский» совхоз (ООО). Гьенир хьихьула пантабазе гӏоло (къиматал дараби гьаризелъун хӏалтӏизарулел лълъурдул) хасаб тайпаялъул ритӏучӏал. Гьединабго магӏишат буго гӏицӏго Алтаялдаги (краялда ва республикаялда).\nУнтарал сахгьариялъе гьезул ругел ресалги рекъарал тӏабигӏиял шартӏал рукӏинги хӏисабалде босун, турказул инвесторазул гӏахьаллъиялдалъун, ракӏалда буго совхозалъул ракьалда «Туристазулгун сахлъи щула гьабиялъул комплекс» базе. Гьелъул ва гьабсагӏаталда совхозалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏарал совхозалъул директор Зинат Лугуевалъулгунги ва «Сиде-су» абураб турказул фирмаялъул вакил Зугьайрат Сатираевалъулгунги.\nАлмахъалдасан байбихьила\n— Зинат, гьабсагӏаталда совхозалъул гӏаммаб сипат-сурат кинаб бугеб?\n— Гьабсагӏаталда нижер буго 1380 бетӏер ритӏучӏазул. Буго гьезие бихьизабураб 833 гектар ракьалъул. Нижер буго микьго гектаралда чӏараб гӏечул ах, 83 гектар ккун буго цӏулакьодул рохьаз, 340 гектар — харибакӏаз. Совхозалда вуго 17 хӏалтӏухъан, сезоналъул заманалда гьел тӏадеги рачине ккола. Дун совхозалда хӏалтӏулей йиго 1998 соналдаса нахъе (бетӏерай бухгалтер), 2009 соналдаса нахъе йиго директорлъунги.\n— Кин ракӏалде ккараб ритӏучӏал хьихьизе?\n— Тӏоцере гьанире гьел рачӏана 1974 соналда Кабардино-Балкариялдаса. Доб мехалда гьениб букӏана ритӏучӏазул магӏишат. Гьанже гьелъул хутӏараб жого гьечӏо. Гьезие цӏакъ рекъана нилъер ракь, кутакалда данде ккана шартӏал, гьава-бакъ.\n— Кин нужеца хӏадур гьарулел пантаби (лълъурдул), хадубккун щиб гьезда гьабулеб?\n— Санайил 1,2-2 см. гъоркьги тун, лълъурдул къотӏула. Гьеб хӏалтӏуе бихьизабураб хасаб заманги буго ва гьелдаги абула «панторезная компания» абун. Гьеб халатбахъуна 15 июналдаса 15 июлалде щвезегӏан. Къотӏула ветеринариялгун зоотехникиял хӏалтӏухъабиги гӏахьаллъун, 2,5-3 сонил ригьалдаса 16 сонил ригьалде щвезегӏан ругел ритӏучӏазул лълъурдул. Гьоркьохъеб хӏисабалда цо-цо ритӏучӏалъ кьола пантазул 280-300 грамм. Гьел росизе нижехъе рачӏунелги рукӏуна, амма, аслияб куцалда, нижеца гьел ритӏула Москваялде, гьелъул дараби гьарулеб «Фермент» ЗАОялде.\n— Щиб багьаялде гьел ричулел?\n— Гьеб бараб букӏуна пантазул сорталда. Гьоркьохъеб хӏисабалда, цо кило бичула 10 азарго гъурщиде. Къватӏисел улкабазе бичизе рес букӏарабани, лъикӏаб сорталъул килоялъухъ щвезе букӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун доллар. Гьабсагӏаталда гьединаб рес гьечӏо. Москваялда гурони гьеб къачӏалеб бакӏги гьечӏо. Гьединлъидал нижее бокьун буго, Алтаялдаса специалисталги ахӏун, гьелъул продукция нилъер гьаниб къватӏибе биччалеб хӏал гьабизе.\n— Ракӏалда бугищ ритӏучӏазул къадар цӏикӏкӏинабизе?\n— Пантаби къачӏайги росулъго гӏуцӏизе, гьезул дараби гьарулеб цехги рагьизе ракӏалда бугелъул, бегьилаан къадар цӏикӏкӏинабизеги. Амма буго цо масъала – ритӏучӏалъе къваригӏуна 1,5 гектар ракьалъул. Гъоркьиса чӏагоял ритӏучӏал ричана Алтаялде (эпидемия щун, доба гьезул къадар дагьлъун букӏун), жеги цере ричана Сочиялъул, Астраханалъул, Югалъулаб Осетиялъул заповедниказеги, амма нижерго къадар гӏодобе ккезе течӏо. Санайил нижецаго хӏадурула 300-гӏанасеб тонна харил, Хасавюрталдаса босула хасаб, цӏамги витаминалги гъорлъ бугеб кӏалцӏиги.\n— Гьан-рахь гӏемер кьолищ ритӏучӏаз?\n— Хас гьабун гьанае нижеца гьел хьихьуларо, хъола заман барал, нахъе тезе хӏажалъи гьечӏел. Ритӏучӏалъул гьан буго беэнлъи гьоркьоб гьечӏеб, къиматаб. Рахь кьезе, гӏалхулал ругелъул, гьел речӏчӏуларо, ругьун гьарун хадуб, щиб лъалеб, кьезеги бегьула.\n— Берцинаб хӏалалда гьеб магӏишатгун ругел нужее щай хӏажат бугеб «Алмахъ» комплекс?\n— 2004 соналда нижеца ахӏун рукӏана Алтаялдаса специалистал. Гьаниб бараб кӏиго моцӏида жаниб гьез халгьабуна киналъулго, ва гьезда лъикӏ рихьана нижер шартӏал (тӏабигӏат, гьава-бакъ, ритӏучӏазул бугеб ахӏвал-хӏал). Гьеб киналъулго хӏасилалда, гьез гӏакълу кьуна гьединаб комплекс базе лъикӏаб букӏинаанин абун. Гьелдаса нахъе ниж гьеб масъалаялда тӏад хӏалтӏулел руго ва 2013 соналда тӏобитӏараб туризмалъул форумалда проектги цебелъуна. Хадуб проект битӏана Москваялде. Дагъистаналдаса гьенибе битӏараб щуго проекталда гьоркьоб гьелъ ккуна тӏоцебесеб бакӏ ва гьеб бачана Дагъистаналда туризм цебетӏезабиялъул мурадалда гӏуцӏараб федералияб программаялде гьоркьобе. Хадуб ккана дагьабго лъалхъи. Гъоркьиса, ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасул тӏадкъаялда рекъон, экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министр Набиюла Гъарачаевасул нухмалъиялда гъоркь нижехъе бачӏун букӏана кӏудияб делегация. Гьезда битӏараблъун, тӏубазе кӏолеблъун ва кколеблъун бихьана нижер проектги. Гьанже рагьана нух — буго проект, экспертиза, хутӏана хӏалтӏи байбихьизе. Дагъистаналда исанасеб туризмалъул сезон рагьи байбихьизе буго Алмахъалдасан (апрель моцӏ), гьениб лъезе буго комплексалъул кьочӏокь тӏоцебесеб гамачӏги. Федералияб ва республикаялъул бюджетазул къуваталдалъун, жаниб хӏажатаб оборудованиеги турказ лъун, комплекс бан лъугӏизе ккола 2021 соналда.\nТурказул кумекалдалъун\n— Зугьайрат, кин ккараб турказулгун бухьен?\n— Санайил хӏухьбахъизелъун Турциялде уна ниж. Доба лъай-хъвай ккана Сиде шагьаралъул мэр Къадирбейилгун. Лъабго-ункъо нухалданиги щвана гьевги Дагъистаналде, рукӏана хӏукуматалъул идарабазул нухмалъулезулгун дандчӏваял. Комплекс баялъул хӏакъалъулъ бицен гьабураб, гьелъие инвесторал ралагьулел ругин абураб мехалда, гьес абуна (гьесда бихьун букӏана Алмахъги, гьелъул гьайбатлъиги) жив гӏахьаллъизе бегьуларищин гьеб ишалда гьоркьовилан. Гьесул «Сиде-су» фирмаялъул руго жидерго отелал, лъикӏал специалистал, тӏадегӏанаб даражаялъул оборудование. Ричӏчӏана цоцазда, хӏукуматалъул даражаялда гьаруна къотӏи-къаял. Апрель моцӏалда гьезул вакилзаби рачӏине руго гьанире ва байбихьизе буго цадахъаб хӏалтӏи.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "3800-8-fevral-gielmuyal-ul-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3800-8-fevral-gielmuyal-ul-k-o", "title": "8 февраль – Гӏелмуялъул къо", "date": "2019-02-20 11:54:42", "categories": ["med"], "text": "Онкологиялъул унтаби гӏемерлъиялъе гӏилла\nДагъистаналъул щибаб районалда ва шагьаралда ругел шартӏазухъ халгьабуна гӏалимзабаз\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялде рачӏун рукӏана ДНЦялъул Физикаялъул институталъул гӏалимчи-генетик, биологиял гӏелмабазул кандидат, ДГМУялъул экологияб медицинаялъул НИИялъул отделалъул заведующий Мухӏамад Ражабовги ДГМУялъул клиникияб фармакологиялъул кафедраялъул доцент, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, тохтур Мухӏамадрасул Атаевги. Гьез хӏадурараб проект бергьана ДРялъул бетӏерасул грантазе гӏоло букӏараб къецалда. Гьелъухъ тӏобитӏараб гӏелмияб цӏех-рехалъул кьучӏалда къватӏибе биччана монографияги. Гьезулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Кьочӏое щиб босулеб букӏараб цӏех-рехалъе район тӏасабищулеб мехалда?\nМухӏамадрасул Атаев: Кьочӏое росун рукӏана нижерго ва Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баянал: унтаразул къадаралъулги, хвалие ккарал гӏиллабазулги (кинаб унтиялдалъун хварал), кинаб ригьалъул гӏадамал цӏикӏкӏун унтун ругел ва цогидабги. 2002-2015 соназда ккарал хвелазул гӏиллабазул цӏех-рехги гьабуна. Гьелъул хӏасил хъван буго монографиялдаги.\nДагъистаналда гьечӏо\nрадиактивиял хутӏелал\n— Дагъистаналъул мугӏрузда рукъун ругин радиактивиял хутӏелал ва гьелъул хӏасилалда республикаялда цӏакъго тӏиритӏун ругин онкологиялъул унтабигиян гӏемер бицуна…\nМ. А.: Нилъер хӏукуматалъ кӏицӏул гӏуцӏун букӏана хасаб комиссия. Гьелда гъорлъ рукӏана хӏукуматалъул хӏакимзабиги, гӏалимзабиги, прокуратураялъул ва ФСБялъул хӏалтӏухъабиги, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабиги. Радиактивияб хутӏел букъулеб букӏин жидеда бихьанин бицарал бакӏазде унги рукӏана. Цӏунтӏа районалдаса цо вехьас абун буго, жинда бихьанин магӏарда хӏалтӏулеб букӏараб бульдозер ва бащдаб сагӏаталдаса гьебги тӏагӏанин абун. Кин бульдозер щолеб нухго гьечӏеб магӏарде? Дунги вукӏана гьел экспедициязда. Амма щибго батичӏо. Цо-цо бакӏазда ратарал нохъабаздеги лъугьана дозиметралги росун, амма аппаратаз кинабго лъикӏ бугин бихьизабуна.\nМухӏамад Ражабов: Томскалда 25 соналъ хӏалтӏарав гӏалимчиясулгун гара-чӏвари гьабураб мехалда, дос дида бицана, радиактивияб хутӏел букъиялъул кӏиго къагӏида бугилан абун. Америкаялъул къагӏидаялда рекъон, тӏухьидул контейнералда жанибги лъун, гьеб контейнер тӏасан парафиналъги бацизабун, океаналъул тӏинуги бухъун, гьениб букъула радиактивияб хутӏел. Советияб къагӏидаялда рекъон, контейнералда жанибеги бан, хутӏел букъула цебего ганчӏил тӏурччи бахъизе хӏалтӏизарурал шахтабазул тӏиналда. Нус-нус соназ гьениса къватӏибе бахъизе бажарулареб хӏалалда бахчизеги гьабула гьеб.\nБакӏалдаса бакӏалде ядернияб производствоялъул хутӏел баччула поездалдаги лъун. Самолеталда яги машинаялда баччизе бегьуларо гьеб. Кинха гьеб щвезабураб Дагъистаналъул мугӏрузде? Гьеб бажарулеб жо гуро.\nКрахмал гъорлъ бугел\nнигӏматазул зарал\n— Щибха батараб онкологиял унтаби цӏикӏкӏиналъе аслияб гӏилла?\nМ. А.: Гӏемерал гӏиллаби руго. Масала, гӏумру гьабулеб къагӏида. Ахираб 20-30 соналда жаниб дагьлъана гьуърузул ракалъ унтаразул къадар. Гьелъие гӏилла буго хъалиян бухӏулел гӏадамал дагьлъи. Бакьазул рак лъугьинабула нилъеца кваналеб квеналъ: Дагъистаналда гӏемер кванала ханждал гьабураб квен: хинкӏал, чед, цӏурачадал. Дун гьитӏинаб заманалда квание ханжу щолароан. 60 соналъ цебегицин щибаб къойил кваназе ролъул чед букӏунароан. 100 соналъ цебе щвана дагъистаниязе цӏоросаролъги. Нилъер умумузул кидагосеб квенлъун рукӏинчӏо хинкӏалги.\nЗаралияб буго пиринчӏги. Картошкаги бегьуларо гӏемер кваназе. Къокъго абуни, крахмал гъорлъ бугел нигӏматаздаса инкар гьабизе ккола.\n— Китаялдаги Япониялдаги пиринчӏ буго аслияб квен. Дол щайха унтуларел?\n— Дун кӏицӏул щвана Китаялде. Вукӏана мугӏрузул регионаздаги гӏатӏиракьалдаги, шагьараздагун росабалъги. Амма урхъаниги, дида гьениб пиринчӏ кваналеб бихьичӏо. Рестораналда цӏехана пиринчӏ бугищин. Дида цебе лъуна цо гъуд цӏураб пиринчӏ. Гьелдаса гӏемер кьезе жидер рес гьечӏинги абуна. Гьечӏо гьениб пиринчӏги, чедги, картошкаги. Нилъин абуни ругьунлъун руго гӏемер кваназе ва нилъер кванил 60-70 процентги буго ролъул квен. Гьебги ккола кванирукъалъулги бакьазулги онкологиял унтаби тӏиритӏиялъе аслияб гӏилла.\nГӏемерлъун руго кьариял гӏадамал, гиподинамия бугел чагӏи. Цере гӏадин, гӏемер хӏалтӏуларо, рокъоса къватӏире рахъунаро. Хур бекьуларо, ах гьабуларо, цӏул хӏадуризе рохьоре унаро. Нижер цӏех-рехаздалъун баянлъана, ракалъ унтарал гӏадамазул гӏемерисел хасало холел рукӏин. Рокъоса къватӏире рахъунгутӏиялъ загӏиплъула иммунитет ва гьебго заманалда байбихьула квачалъул унтаби тӏиритӏизе. Иммунитет загӏипал гӏадамал хехго унтула ва гьезул чорхолъ ругел ракалъул клеткаби байбихьула гьарзаго рикь-рикьизе.\nЦоги гӏилла – нилъер гӏадамаз гӏемер хӏалтӏизарула антибиотикал: бетӏер унтани, цӏакан бахани, рищалаби унтани. Тохтурасда дандбачӏого гьекъола цӏакан гӏодоцинабулел дараби.\nЛъималазе тетрациклин бегьуларо\n— Рак унти кколищ цӏикӏкӏараб къуваталъул антибиотикал лъималазе кьеялъул хӏасилалда? Масала, гьитӏинаб лъимадуе тохтурас гьабула цефазолин, оксамп, цетриаксон. Цере гьарулаан пенициллин, ампициллин…\nМ. А.: Пенициллиналъги ампицилиналъги иммунитет чӏваларо. Гьелъие заралиял ккола бисептол, пятнок, тетрациклин, левомицетин. Гӏемерисеб мехалда гьел хӏалтӏизарула нилъер гӏадамаз. Масала, лъимадуе тетрациклиналъул цо таблетка кьуни, гьеб кӏудияб гӏоларо бащдаб лъагӏелалъ. Лъагӏалида жаниб кӏиго таблетка кьуни, лъагӏелалъ гӏечӏого чӏола. Левомицетиналъул хӏасилалда лъугьуна «серый синдром» — иммунитет тӏубанго чӏвала ва лъимер хвезе рес буго. Руго цунтрузде данде кьолел дараби – гьезги чӏвала лъимадул иммунитет.\n— Гьекъолеб лъим, цӏулеб гьава, бекьулеб ракь чороклъиялъул хӏасил кколищ ракалъ унтиялъе гӏилла?\n— Батӏи-батӏиял бакӏаздаса иццазулги, гӏорал-лъаразулги, гьединго гьаваялъулгун ракьулги анализ гьабуна нижеца. Руго гьезда гъорлъги сахлъиялъе зарал гьабулел жал. Нилъеца гьекъолебго гӏадин, гьеб лъим гьекъола хӏайваназги. Кванала добго заралияб ракьалда бижараб хер. Гьеб хӏайванги хъун, кванараб гьаналги букӏуна зарал.\n— Ракьулъ ругел тӏухьиялъулги, ураналъулги, стронциялъулги ва цогидал радиактивиял химикиял элементазулги букӏунищ инсанасул сахлъиялъе зарал? Рак унти гьезда бараб бугищ?\nМ. Р.: Гӏадамазда ракӏалде ккола, рак унтиялъе гӏилла лъалебани, гьебги тӏагӏинабун, кинабго лъикӏ букӏинаанин абун. Биологиябги (бактериялгун вирусал), физикиябги (ультрафиолет ва гь.ц.), химикиябги (радиактивиял элементал) – кинаб гӏилла бугебали аслияб жо гуро. Аслияб жо буго гьеб кинабго цӏакъго чӏедераб каналалдасан байбихьулеб букӏин. Онкология ккола клетка бикь-бикьиялъул хӏасил. Клетка бикьи буго норма. Гьеб ишги букӏуна геназул кверщаликь. Руго кӏиго тайпаялъул генал: клеткабазул рикьи хехлъизабулелги клеткабазул рикьи къатӏинабулелги. Инсанасул чорхолъ гьеб кинабго рекъезабун буго тӏабигӏаталъго. Нижеца цереккун рехсарал хӏужабаз хвезабула чорхолъ букӏараб тӏабигӏияб баланс. Вижанщинав чиясул чорхолъ руго ракалъул клеткаби. Амма ракалъул клетка бикь-бикьизе байбихьани, гьеб процесс чӏезабун бажаруларо.\nМ. А.: Нилъго нилъецаго цӏунизе ккола: черх лъадарун, пайдаяб квен кванан, хӏажат гьечӏого дараби гьекъечӏого. Загӏипаб, иммунитет мукъсанаб черхалъухъа бажаруларо унтиялде дандечӏезе. Бегьуларо, масала, цӏакъго бухӏараб, гьалдолеб квен кваназе, чай гьекъезе – щибаб нухалда цого бакӏалда ругъун лъугьани, гьеб бакӏалдаса байбихьизе бегьула рак унтиялъул клеткаби рикь-рикьизе. Гьединго бегьуларо цого бакӏ хъарсун, чанхъал ккезарун ва хадубккун гьел чанхъал тӏетӏезарун, тӏомалъе гӏакъуба кьезе. Хъалиян бухӏулаго, гьелъул кӏкӏуй тӏибитӏула гьуърузулъ ва гьезие зарал гьабула. Кидагосеб заралалъул хӏасилалда гьуърузулъ лъугьуна рак унтиги. Бегьуларо, квердаххелал гьечӏого, рукъалъул алатал чурулеб порошок яги цогидал жал хӏалтӏизаризе – тӏомол рак лъугьунгутӏиялъул мурадалда.\nИммунитет ирсалъе кьоларо\n— Ахирал соназда гӏемерлъун руго лъималазе прививка гьабиялдаса инкар гьабулел хъизамал. Гьелъие квербакъула социалиял гьиназдасанги, Интернеталдасанги, вацапалдасанги прививкабазде данде гӏуцӏараб кампаниялъ. Прививка гьабичӏого тараб лъимадул иммунитет загӏипаб букӏунин абула. Генетикаялъул кинаб пикру бугеб гьеб рахъалъ?\nМ.А.: Хъахӏаб халгӏатги тӏадретӏун, жинца гӏелмиял хӏалбихьиял гьарунин ва прививкабаз гӏункӏкӏал чӏвалилан Интернеталдасан бицунев чи тохтур ва гӏалимчи гуро. Нилъер умумузул заманалда гӏадамал холаан тӏиритӏулел унтабаздаса – вабаъ, къавуда ва гь.ц. Прививкабаз кумек гьабуна гьел унтаби тӏагӏинаризе. Нилъер умумуз гӏумру гьабулаан 45-50 соналъ. Гьанже Дагъистаналда гӏумру гьабула, гьоркьохъеб хӏисабалда, 75 соналъ. Прививка гьабичӏони, сакъатлъизе ва хвезецин рес буго.\nПрививка гьабун хадуб, пуланаб лъимер сакъатлъанинги бицуна. Гьеб буго гьереси! Гьеб лъимадул цебеккун кинабгӏаги унти букӏун батила ва гьеб заманалда загьирлъун букӏун батиларо. Прививкаялда цадахъ чорхолъе ккараб «загӏиплъизабураб» вирус анцӏ-анцӏ соназ бидулъ хутӏула ва инсанасда хвалил унти ккезе толаро гьелъ. Прививкаби гьаризе ккола ва гьезул сияхӏги жеги халатаб букӏине бегьула.\nПрививка гьабизе ккола, цӏа-кан батаниги, гьабсагӏаталда пуланаб унти бугониги. Гӏалимзабаз чӏезабуна, вакцинаялъ гьелъие зарал гьабулареблъи.\nМ.Р.: Гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицине ккола, социалиял гьиназдасан гуреб, гӏелмиял дандеруссиназда. Генетик хӏисабалда абила, нилъеца наслабазухъе кьоларо вирусазул яги бактериязул генал – кьола нилъерго генал ва нилъер наслуялъухъа бажаруларо жидерго генал умумузухъе кьун. Амма вирусазулги бактериязулги умумузги ирсилазги генал кьола цоцазухъе, ай умумуз лъималазухъеги, лъималаз умумузухъеги. Вирусалги бактериялги хисардула, гьединлъидал захӏмалъула тӏиритӏулел унтабаздаса гӏадамал хехго сах гьаризеги.\nПалхӏасил, прививкаби гьарурал умумузухъа иммунитет унаро геназда цадахъ лъималазухъе.\nГара-чӏвари гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "3801-insan-va-tiabigiat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3801-insan-va-tiabigiat", "title": "Инсан ва тӏабигӏат", "date": "2019-02-20 11:56:03", "categories": ["obshestvo"], "text": "Квешаб ракь букӏунаро, квешал бетӏергьаби гьечӏони\nНабиюла Гъарачаев: «Рищни балеб къали лъезе бакӏцин тун гьечӏо – кинабго бичун буго»\nЭкологияб рахъ лъикӏлъизабиялъул муралда, сверухълъи рищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабулел цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе байбихьун буго улкаялдаго. Россиялъул 85 субъекталда гьоркьоса 69 регион гурони «рищнидул реформаялде» хӏудурго батичӏо. Дагъистанги, кколеб къагӏидаялда, гьеб реформаялда рекъон хӏалтӏизе лъугьине бажариялда щаклъи букӏана (рищни бакӏари, гьеб полигоналде баччи, батӏа гьабун къачӏай ва ракьулъ букъи). Тӏубараб республикаялдаго гьанжелъизегӏан букӏинчӏо сах-саламатаб куцалда хӏалтӏулеб рищни-къул балеб полигон. Къокъабго заманалда жаниб ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ Избербаш ва Гъизляр шагьараздаса рикӏкӏад гьечӏел бакӏазда кӏиго полигон гӏуцӏана.\n«Республикаялда рищни-къул баччулел рукӏарал цо-цо компаниял 2018 соналъул ахиралда кӏиго-лъабго анкьалъ хӏалтӏулелцин рукӏинчӏо. Гьезда лъалеб букӏиндалха лъагӏалил ахиралда жидергун къотӏи-къай гьабизе гьечӏеблъи. Избербашалда хӏалтӏулеб букӏараб компаниялъ декабралъул ахирисел къоязда шагьаралда лъун рукӏанщинал къалалцин (350) нахъе росун ратана. Гьединлъидал нижеца кӏиго къоялда жаниб шагьаралда киса-кирего цӏиял къалал лъуна, рищни баччулел машинабиги чӏезаруна.\nЦӏияб къагӏидаялъ рищни-къул бакӏариялъул программаялда рекъон, щибаб шагьаралъул ва районазул нухмалъиялъ чӏезаризе кколаан регионалияв операторас рищни-къул балел къалал лъезе хасал майданал. Амма гьеб хӏалтӏи лъицаго гӏумруялде бахъинабичӏолъиялъ, нижер ведомствоялъ тӏадчӏей гьабизе ккана шагьаразул къватӏазда гьединал бакӏал къачӏаялда», — ян бицана «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас.\nБатӏа гьабун къачӏазе буго\nРехсараб министерствоялъ тӏадчӏей гьабулеб буго къватӏазда рищни балел бакӏал къачӏаялда ва гьенир ругел басриял къалазул бакӏалда цӏиял хисун лъеялда, планалде босун буго рищни-къул батӏа гьабулеб микьго комплекс гӏуцӏизеги.\n«Министерствоялъ жаваб кьола гӏадамаз щибаб къоялъ къватӏибе балеб рищни-къул (ТКО) тӏагӏинабиялъул (гьелдаса цогидаб материал гьабун яги ракьулъ букъун), гьединго цогидал хутӏелазулгунги хӏалтӏи гьабизе буго. Республикаялда лъицаниги хӏалтӏи гьабулеб гьечӏо лъамамесед жаниб бугел чирахъал ва цогидал алатал, медицинаялъул ва биологиялъулал хутӏелал, машинабазул бурдул, басриял компьютерал, ралел бакӏазда нахъе хутӏараб къайи ва цогидабги, ай гӏадамазе зарал бугебщинаб тӏагӏинабиялъул мурадалда. Гьеб кинабго къалазухъеги бан толеб буго ва хадуб рощногохӏазда хутӏулеб буго», — ян бицана министрас.\nХӏисабалде босун буго, лъамамесед жаниб бугел чирахъал ва алатал гӏадамазе зарал букӏинаредухъ, «КЭМЗ» ОАО концерналда, загьруял жал нахъе гьарун рацӏцӏад гьаризе.\n«Жакъа къоялда санитарияб рахъалъул суал жеги тӏубан гьечӏо. Кватӏичӏого гьеб суалги тӏубазе буго. Машинадул хварал бурдузул цогидаб къайи гьабизе буго «Экопромлайн» ООО предприятиялда. Хварал бурдузул гӏисин гьабураб резина биинеги гьабун цогидал алатазда бахине хӏалтӏизабизе бегьула. Дербенталда буго медицинаялъул ва биологиял хутӏелал гӏадамазе зарал ккеларедухъ тӏагӏинабизе бажарулеб алат. Киналниги регионалиял операторазда цебе масъала лъун буго — гьединал алатал цогидал бакӏаздаги гӏуцӏизе», — ян абуна Н. Гъарачаевас.\nАнлъго оператор\n«Регионалиял операторал жидерго хӏалтӏуде лъугьана 2018 соналъул 31 декабралдаго. Нижеца республика бикьана анлъго бутӏаялде. Анлъго регионалияв операторасда гьоркьоб бикьун буго рищни бакӏариялъул хӏалтӏиги. Гьезул цо-цоязулгун къотӏи-къай хъвана 10 соналъул болжалалъе, цогидазулгун — 15 соналъул болжалалъе. Амма ниж дандчӏвана цо масъалагун: цогӏаги шагьаралда яги районалда рищнидул къалал лъезе дандекколел бакӏал гьечӏо, гьел киналго ричун ратана. Нагагь ратаниги, гьел руго шагьаралъул централиял къватӏазда, КОРалъул рагӏаллъабазда – гьебин абуни бегьулеб жо гуро», — ян лъазабуна ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министрас.\nНабиюла Гъарачаевасул баяналда рекъон, шагьаразда рищнидул къалал ракьулъ лъезеги бегьулеб буго. Гьеб хӏалтӏи гӏумруялде бахъинабизелъун специалистазулгун гӏакълу дандбалеб бугин бицана ведомствоялъул нухмалъулес.\nМахӏачхъалаялда ва Каспийскалда хӏалтӏулеб «Лидер» компаниялъ, рии тӏаде щвелалде, рищни-къул баччулеб 40 машинаги босизе буго.\nЦӏияб къагӏидаялда рищни-къул бакӏариялъул программаялъе, миллиардгун 600 миллион гъуруш инвестициял риччазе руго. Гьединго Хъумторхъала районалда рищни-къул батӏа гьабулеб завод базе тӏадеги 600 миллион гъуруш щвезабизе инвесторазулгун къотӏи гьабулеб буго.\n«Нижеда ракӏалда буго исана Махӏачхъалаялда, Каспийскалда, Дербенталда ва Хасавюрталда рищни-къулалъул 500000 тонна батӏа гьабун къачӏазе бегьулел бакӏал гӏуцӏизе. Тӏадеялъул республикаялъул цогидал шагьаразе ва районазе жеги ункъо гьединабго рищни-къул батӏа гьабун къачӏалел бакӏал гӏуцӏизе руго», — ян бицана Набиюла Гъарачаевас.\nГӏадамазда гӏайиб гьечӏо\nБазаразда гьан бичулел гӏадамаз боцӏи хъун хадуб кинабго чороклъи бала рощнол къалазухъе. Гьелъ сверухълъиялдаго чороклъиги тӏибитӏула, махӏги бахъинабула. Амма гьеб ричарухъабазул гӏайиб гуро, гьединаб чороклъи базелъун бихьизабураб бакӏ гьечӏелъул щиб гьезги гьабилеб? Цебе республикаялда рукӏана хварал хӏайванал яги хӏайваназул ургьимес ва цогидаб чороклъи букъулел бакӏал. Гьанжейин абуни гьединаб бакӏ цониги шагьаралда яги районалда гьечӏо.\n«Рищни бакӏариялъулъ цӏияб къагӏида хӏалтӏизабун бажаруларин абулезда ракӏалде щвезабила, чанго соналъ цебе республикаялъул шагьаразда аскӏор ругел рощногохӏал рухӏулел рукӏана, самолетазецин квалквал гьабулаан шагьаралда тӏад лъураб кӏкӏуялъ. Гьел гохӏал лъугӏизаризе ва цӏа свинабизе бажаруларин ахӏи балел рукӏана гӏадамал, амма дагь-дагьккун гьеб рахъги рукӏалиде ккезабун бажарана. 2019 соналдаса байбихьун 2024 соналде щвезегӏан, ихтияр гьечӏого гӏуцӏарал киналниги рощногохӏал тӏагӏинаризе руго, гьениса рищниги нахъе босун, ракьги цӏигьабизе буго. Гӏадамазда гӏайиб гьечӏо къватӏазда рищни гӏемерлъунин абун. Жиндир заманалда рищни нахъе бакӏарулеб ва гьеб рищни-къул батӏа гьабулеб заводалде баччулеб бугони, шагьаразул къватӏал ва республикаялъул тӏабигӏат дагь-дагьккун бацӏцӏалъизе буго», — ян лъазабуна ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министрас.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3802-raktsoyal-respublika-bakhun-k-vatiir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3802-raktsoyal-respublika-bakhun-k-vatiir", "title": "Ракьцоял – республика бахун къватӏир", "date": "2019-02-20 11:59:38", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тахшагьаралъул бищун лъикӏав отоларинголог\nМоскваялъул тӏоцебесеб больницаялда хӏалтӏулев вугев\nМухӏамадил кабинеталъул кӏалтӏа кидаго букӏуна унтаразул халатаб ирга\nМухӏамадихъе ине къваригӏун иргаялда чӏун ватарав Грозныялдаса Роман Мацаевас бицана: «Мухӏамад Маллаевич вуго лъикӏав тохтурги гьединавго инсанги. 2002 соналда ккана дун Мухӏамадихъе. Гьелдаса нахъе нижер гьудуллъиги буго. Гьанже дида лъалелщинал гӏадамал дица ритӏула гьесухъе. Аллагьасго тохтурлъун вижарав чи вуго гьев. Махщел тӏокӏав тохтур гуревги, Мухӏамад вуго ракӏ аваданав инсанги, гьесул гьуинаб каламалъги сах гьарула гӏадамал», — ан.\nРоссиялъул гӏелмабазул академиялъул дерматовенерологиялъул кафедраялъул доцент Диана Нажмудиновалъ абуна, жийги Мухӏамадги цадахъ цӏаланин мединституталдаги ординатураялдаги ва цадахъ хӏалтӏулелги ругилан. «Цӏалулеб заманалдасанго гьудуллъи буго нижер. Мухӏамадил студентазги ишцоязги гӏемер бицуна гьесул лъикӏлъиялъул, хӏалимлъиялъул ва махщалил хӏакъалъулъ. Дицаги гьесухъе ритӏула унтарал. Гьесул буго цӏакъ лъикӏаб хъизамги», — ян бицана гьелъ.\n«Тохтурасул махщел тӏасабищулев чиясда бичӏчӏизе ккола, гьеб букӏин кӏваркьезе ва рукӏа-рахъиналъул масъалабаздаса рикӏкӏалъизе кколеб иш. Реццги цӏарги циндаго щолеб жо букӏунаро. Гьабсагӏаталда гӏадамаз дир хӏакъалъулъ бицунеб заманалда, дида ракӏалдещола цӏалул соналги, общежитиялда араб гӏумруги, гӏемераб жоялдаса инкар гьабизе ккейги. Щибаб соналъ щола дирго ватӏаналде, Шамгъоде. Гьеб буго дир кьалбазул ицц, лъимерлъи, школа, комсомол, колхоз, эбел-эмен, вацал ва яцал, къокъго абуни, ватӏан! Амма 25-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ гӏумру гьабун вуго Москваялда, гьединлъидал цӏакъ бокьула тахшагьарги.\nИнститут лъугӏидал, дун витӏана Волгоград областалде ва ункъо соналъ хӏалтӏана гьенив хирурглъун ва хадубккун ЛОР-тохтурлъун. Гьениса ана Москваялде ва гьелдаса нахъе хӏалтӏулев вуго гьанив. РАНалъул член-корреспондент В. Т. Пальчунил нухмалъиялда гъоркь дица 30 сонил ригьалда цӏунана докторасул диссертацияги», — ян бицана Мухӏамадица.\nМухӏамад Мухӏамадовас кьола студентазе дарсалги. Лекциязул авалалдаго гьес бичӏчӏизабула магӏарзукъалазул бугеб кӏвар: «Гьанжего гьанже гьабураб лъимералъ хӏухьел цӏазе бажариялда бараб буго гьелъул гӏумру. Магӏарзухъан щола кислород, гӏундуз кумек гьабула калам рагӏизе, кӏалалъ – квен квине. Инсанасул гӏумруялъул лъикӏаб даража бараб буго ЛОР-лугбазда», — ян бицуна гьес рукӏинесел тохтурзабазе.\nАхирал соназда гӏемерлъун руго берцинлъиялъе гӏоло операция гьабулел гӏадамал. Гьелда бан, Мухӏамадица гьадин абуна: «Москваялъулаздасаги гӏемерав чи вачӏуна Кавказалдаса, сипат хисизабеян гьарун. Дун гӏолохъанаб заманалда кавказалъулаз гьединал операциялго гьаризе толароан. Дица байбихьудаго бичӏчӏизабула, операция гьабичӏого тани, лъикӏаб бугеблъи. Масала, шагӏир Анна Ахматовалъулги букӏана сурараб мегӏер, амма дагьал рукӏинчӏо гьелъухъ рокьи ккарал бихьинал. Гьурмал берцинлъиялдаса рекӏел берцинлъи тӏасабищизе кколин малъула дица», -ян.\nМухӏамад хӏалтӏулеб Москваялъул №1 больница жаниб бугеб минаялъ бана 250-ниги сон. Басралъун руго гьелъул къадал. Гьеб бана гиназ Галицынил гӏарцухъ ва, Россиялде рагъгун Наполеон вачӏараб заманалда, гьенир сахгьарулел рукӏана парангазул солдатал. Гьеб мина ккола архитектураялъул памятник ва тахшагьаралъул нухмалъиялъ хӏаракат бахъизе ккелаан гьеб цӏигьабизе. Амма гьенир руго хӏалтӏуе хӏажатал алатал, махщел тӏокӏал тохтурзаби.\n«Нижер буго кӏудияб больница – Москваялъул 12-14 млн чиясе хъулухъ гьабула гьаниб. Гӏицӏго ЛОР-отделениялде цо дежурствоялъул заманалда вачӏуна 25-30 унтарав. Отделениялда хӏалтӏула щуго тохтурги 35 ординаторги. Гьев 40 чи тӏубараб къоялъ векерахъдулев хутӏула, хӏалуцараб хӏалтӏи буго нижер», — ан бицана Мухӏамадица.\nТохтур Мухӏамадов щибаб соналъ щола Дагъистаналде, кӏиго моцӏалъ хӏухьбахъизелъун. Амма хӏухьбахъиялъул бакӏалда, гьев хутӏула больницабазда. «Дагъистаналда гӏемер руго лъикӏал тохтурзаби, амма гьезие гӏолеб гьечӏо гьанжезаманалъул техника. Дида бихьула гьезул кверзул устарлъи, видеотехникияб алатги кодоб букӏарабани, гьезул хӏалтӏи мухӏканлъилаан ва гӏемерго бигьалъилаан», — ин абуна гьес.\nЭркенаб заманалда Мухӏамадица хӏала футбол. Гӏисинлъималазул гӏадинаб чӏиргъи-хъуй букӏуна, херазул команда хӏалеб мехалда. Мухӏамадов вуго командаялъул гьужумалъулав. Рокьула гьесие чуялги – анкьида жаниб цоцӏулниги уна чода рекӏун тира-сверизе. Хӏала бильярд, хъещтӏола лыжабазда. Амма ахираб заманалда машгъуллъун вуго зурма пузе. Гьес босун буго цо чанго зурма ва вукӏуна, зурмида бакъналги рачунаго, хъизамалъул сабруялъухъ «халгьабулев».\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "3803-khkhi-giasruyal-ul-epidemiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3803-khkhi-giasruyal-ul-epidemiya", "title": "XХӀ гӏасруялъул эпидемия", "date": "2019-02-20 12:02:08", "categories": ["med"], "text": "Захӏмат бихьунгутӏиялъул хӏасил\nРоссиялда щивав лъабабилев чиясул буго бидул тӏадецуй\nЦебе бидул тӏадецуялъ 40-йилъа арал чагӏи унтулел рукӏун ратани, жакъа гипертониказул 33,4 процент ккола гӏолилал, 7,2 процент балугъаб ригьалъул ва кӏиго процент — лъимал. Россиялъул 63 процент халкъалъул унтун буго бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъ. Ахираб кӏиго соналда жаниб гьеб унтиялдалъун Россиялда хун вуго 1 млн 200 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Дагъистаналда хъвай-хъвагӏай гьабун буго бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарав 105028 чиясул.\nБидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏаз гьабизе кколеб цӏуна-къаялъул, гьезул букӏине кколеб хьвада-чӏвадиялъул, гьабизе кколеб тадбиралъул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул кардиологияб диспансералъул бетӏерав тохтурасул заместитель, тӏадегӏанаб категориялъул кардиолог Сапият Гӏалиевалъулгун.\n— Сапият, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏазул къадар гӏемерлъиялъе гӏилла щиб?\n— Аслияб гӏилла буго жакъа инсанасул черхалда захӏмат бихьунгутӏи, гьесул гӏемерисеб заман компьютералда, планшеталда ва телефоналда нахъа унеб букӏин. Цоги, пайдаяб куцалда гӏуцӏичӏеб квана-гьекъей, хӏайваналъул кьаралъи ва цӏам гӏемер хӏалтӏизаби, жа гьекъей, хъалиян бухӏи.\n– Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиндал, кӏусизе яги регизе лъикӏаб букӏунилан абула. Гьеб битӏараб бугищ?\n– Гипертониказ гьабизе бегьуларо черхалде хӏалкколеб хӏалтӏи. Амма, кидаго регун чӏани, ай черх кӏвекӏичӏони, къаркъалаялде цӏайи бахуна, бидурихьазда жанир холестериналъул бляшкаби лъугьуна. Гьелдалъун би хьвади хӏинцлъула, рекӏел хӏалтӏи хьадарлъула ва цогидалги унтаби тӏатуна. Инфаркт, инсульт гӏадал унтаби хӏехьарал чагӏазе тохтурзабаз тӏуразаризе рихьизарула хасал упражнениял. Тохтурасул халкквеялда гъоркь артериалияб бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏазги тӏуразаризе ккола гьелго упражнениял.\n– Абулеб рагӏана «гӏажаибаб» таблетка бугила, гьеб хӏалтӏизабуни, бидул тӏадецуй тӏубанго унилан. Бугищ гьединаб таблетка?\n– Гьечӏо. Артериалияб бидул тӏадецуй гӏодобе ккезаби ккола гӏадатияб гуреб ва заман унеб хӏалтӏи, гьелъие чанцӏулго хисизе ккола дараби, гьезул къадар ва хӏалтӏизе кколеб заман. Гьеб гуребги, цохӏо дарабаздалъун унти къинабизе кӏоларо. Кванилъ кӏванагӏан цӏам дагь гьабизе, цо-цояз гьелдаса тӏубанго инкар гьабизе ккола. Букӏине ккола сахаб гӏумру: дурусаб квен, физзарядка, хъалияналдаса инкар гьаби, бацӏцӏадаб гьава ва лъикӏаб хӏухьбахъи.\n– Бидул тӏадецуй 180/90–200/100-ялде бахун бугониги, цо-цо чагӏазе ургъелго букӏунаро. Гьел сахгьаризе кколарищ?\n– Лъалеб гьечӏин абун, унти сахгьабичӏого тезе бегьуларо, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиндал, инсанасул чорхолъ унел рукӏуна сахлъиялъе хӏинкъи бугел лъугьа-бахъинал. Заманалдасан бидул тӏадецуй жеги цӏикӏкӏуна, жанисел лугбузда унтаби тӏатуна ва унтарав сакъатлъула. Гьеб гуребги, гьелъул хӏинкъи букӏуна инфаркт ва инсульт ккеялда.\n– Кӏикъого соналдаса тӏаде арал чагӏазе гурони гьеб унтиялъул хӏинкъи букӏунарин абула. Гьеб пикру битӏараб бугищ?\n– Кигӏан бокьичӏониги, жакъа рекӏелгун бидурихьазул унтаби гӏолохъанлъун руго. Гьелъие квербакъулеб буго тӏадехун рехсарал гӏиллабаз: сахаб гуреб квен, сах-саламатаб гуреб къагӏидаялъ гьабулеб гӏумру, чорхол цӏайи, хӏалхьиялда цӏунараб черх. Гьелъие квербакъула хъалиян цӏай, мехтизарулел жал гьекъей гӏадал квешал гӏамалазги. Гьединго нерваби хвезари (стрессы), макьу гӏунгутӏи, черх чӏвалеб хӏалтӏи гьаби.\nРекӏел ва бидурихьазул сахлъи гӏолохъанго цӏунизе ккола. Херав чиясул киналго унтаби ккола гӏолохъанал соназ гьес гӏумру гьабураб куцалъул хӏасил.\n– Аптекаялдаса кинал дараби росизе бегьулел, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиндал?\n– Гьеб суалалъе жаваб кьезе кӏола сахгьавулев тохтурасда, гьесда лъала унтарасул сахлъиялъул гӏунгутӏаби, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъе бугеб гӏилла, чорхолъ ругел цоги унтаби, жинс, цӏайи ва рарал сонал. Сахгьариялъул хӏасил кканин рикӏкӏуна, артериалияб бидул тӏадецуй 140/90-ялдаса гӏодобе ккезабизе кӏвани. Хасгьабун батӏияб къагӏида букӏине ккола чакрил ва ургьисалазул унтаби ругел чагӏазул бидул тӏадецуй сахгьабиялъул. Къокъго абуни, тохтурасда дандбачӏого, бидул тӏадецуй сахгьабизе нилъго лъугьине бегьуларо.\n– Бидул тӏадецуй сахгьабиялъе цо дару хӏалтӏизабуни гӏолищ яги цо чанго даруйищ лъикӏаб букӏунеб?\n– Ахирал соназда гьарурал цӏех-рехаз бицунеб буго цо дару хӏалтӏизабиялдалъун гьеб унти сахгьабизе кӏолареблъи. Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъе ругел гӏиллаби тӏагӏинариялъул мурадалда тохтурас хъвала, батӏи-батӏияб хӏасил кьолеб, кӏиго-лъабго дару. Унтаразул 80 проценталъе мадар лъугьиналъе чара гьечӏеб буго цо чанго батӏияб дару, гьединлъидал жакъа аптекабазда руго гьеб мурадалда чамалиго даруялдаса хӏадурарал таблеткаби, ай 2-3-4 даруги босун, гьабула цо дару.\n— Унтараз абула бидул тӏадецуй борциналъе жидер гьадинал-додинал цӏакъал алатал ругилан, гьеб хасаб къагӏидаялда борцине кколилан. Кинаб букӏунеб артериалияб бидул тӏадецуй битӏун борцине кколеб къагӏида?\n— 1. Бидул тӏадецуй борцине ккола гъажалда балеб манжеталъул кумекалдалъун. Кверзул рищиялдасан ва килщаздасан борцараб гӏемерисеб битӏун букӏунаро.\n2. Бидул тӏадецуй борцине ккола бакӏида кӏусун.\n3. Борциналде цебе щуго минуталъул хӏухьбахъи букӏине ккола.\n4. Кваранабги квегӏабги квералда батӏи-батӏияб бидул тӏадецуй батани, цӏикӏкӏараб батараб квералда гьеб цӏидасан борцине ккола.\n— Бидул тӏадецуй халкъияб медицинаялъ малъухъе сахгьабун бажарулищ?\n— Халкъияб медицинаялъ кумек гьабула унти къинабизе, амма гӏадатияб медицинаялда гурони гьеб сахгьабун бажаруларо.\n— Магнитазул бураназ кинаб асар гьабулеб бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏазе?\n— Магнитазул бураназул хӏинкъи букӏуна бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал, бидул тӏадецуй гӏодобе ккарал ва рекӏел унтаби ругел чагӏазе. Гӏага-шагарго инфарктазул, инсультазул ва бидул тӏадецуялъул 70 процент цӏикӏкӏин букӏуна бакъул буранал гучлъараб заманалда. Цоги, медиказ чӏезабуна бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏазе маркӏачӏул сагӏтал бищунго загӏипаб заман кколилан. Гьеб заман щвелалде цо-кӏиго сагӏаталъ цебе дару гьекъани, балагьалдаса рорчӏизе бегьула. Гьеб гуребги, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏуна гьава-бакъалде ва хинлъи-цӏороялде балагьун. Масала, цӏорораб хасало гӏемерисезул бидул тӏадецуй лъалаго цӏикӏкӏуна.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3805-gunar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3805-gunar", "title": "Гьунар", "date": "2019-02-20 12:04:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хвасар гьавуна\nЧӏужугӏаданалъ бихьизабуна унго-унгояб бахӏарчилъи\nГъоркьиса октябралда Казбек районалъул Дилим росулъа Шавдан ва Халатала участкабазде унеб нухде бараб чабах битӏизабулев вукӏарав Мухӏамадгъазиев Гъапурил бульдозер гебегана. Гьеб бихьана гӏи-боцӏуда хадур унел рукӏарал гӏолохъабазда ва хехго тракторалде аскӏоре щвана. Щваниги, кабинаялъуса Гъапур вахъизе гьезда кӏвечӏо. Гьез ахӏана медицинаялъул хехаб кумекалъулаб машина, ва гьебги хехго тӏаде щвана. Медсестра Равшан Эмеевалъ, тракторалъул чӏинтӏараб кабинаялде гъоркьеги хъурщун, лъавудаса арав ва бида вецӏцӏулев Гъапур къватӏиве цӏана ва гьесие хӏухьел босизе рес щолеб хӏал гьабуна, цинги, хӏажатаб тӏоцебесеб кумекги гьабун, больницаялдеги щвезавуна. Гьелъул лебаллъиялъ 7 лъимадул эмен хвасар гьавуна.\nЦӏаралъеги реццалъеги мустахӏикъай йиго гьей магӏарулай. Гӏун бачӏунеб гӏелалъе гьеб буго лъикӏаб мисалги. Нижецаги хъвана гьелъул хӏакъалъулъ районалъул газеталда, Мухӏамадгъазиевасул гӏагарлъиялъул ва лъимал-хъизаналъул рахъалдасан, Равшаниегун гьелда цадахъ рукӏаразе баркалаги загьир гьабуна.\nМ. Чупалаев,\nрайоналъул Херазул\nсоветалъул председатель"}
{"slug": "3825-millatal-ul-tialabalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3825-millatal-ul-tialabalda", "title": "Миллаталъул тӏалабалда", "date": "2019-02-25 07:06:15", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мацӏ бугищ – буго халкъ, мацӏ гьечӏищ – гьечӏо халкъ\n14 февралалда Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана ДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул гургинаб стол\nГьеб гӏуцӏун букӏана «Рахьдал мацӏал цӏуниялъулги гьел церетӏезариялъулги масъалаби: гьанже бугеб хӏал ва церетӏеялъе нухал» абураб темаялда. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул ассоциациялъул президент Хӏажимет Сапаргӏалиевги, ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Татьяна Гамалейги, республикаялъул муниципалитетазул лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулелги, рахьдал мацӏазул учительзабиги, вузазул гӏалимзабигун преподавателалги, жамгӏиял хӏаракатчагӏигун журналисталги.\nДанделъи байбихьилалде тахшагьаралъул школазул цӏалдохъабаз ахӏана ва рикӏкӏана рахьдал мацӏазда кучӏдул, цинги кьурдана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьенибго гӏуцӏун букӏараб тӏахьазул выставкаялъухъги. Гьенир церелъун рукӏана цӏиял стандартазде рекъонкколел тӏахьал. Рукӏана гьезда гьоркьор рахьдал мацӏазулги. Тӏахьал басмаялда рахъизе хӏадурун руго ДНЦялъул ИЯЛИялъги, ДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъги, Рахьдал мацӏал лъазариялъул централъги, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъги.\nДанделъи нухда бачана ДРялъул вице-премьер, ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ. Гьелъ бицана рахьдал мацӏазул цӏалул тӏахьал хӏадуриялъулги, «Просвещение» абураб басмаханаялда гьел къватӏире риччаялъулги ва школазде ритӏиялъулги хӏакъалъулъ. Министерствоялъ босун буго 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун цӏалул тӏехь. 1-4 классазе анлъго мацӏалда рахьдал мацӏазулгун адабият цӏалиялъул тӏахьал хӏадурун руго Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъ. Министралъ абуна, 30 соналъ Дагъистаналъул школазе щун рукӏинчӏин гьединал цӏалул тӏахьал. Тӏадеялъул гьединалго тӏахьал щвезе руго 5-11 классазегиян бицана У. Гӏумаровалъ.\n«Нилъер умумуз хӏаракат бахъулеб буго рахьдал мацӏалъул дарсидаса лъимал эркен гьаризе. Амма гьелъул магӏна кколаро, гьезие мацӏ рихараб бугин абураб. Гьелде умумул тӏамулел руго федералиял халгьабиялъул хӏалтӏабаз. Гьезде хӏадуриялъул мурадалда, физкультураялъулги, захӏматалъулги, гьездаго гъорлъ – рахьдал мацӏалъулги дарсаздаса нахъеги рачун, гьез лъимал ритӏулел руго репетиторазухъе.\nРахьдал мацӏал цӏуни ва церетӏезари ккола кӏвар бугеб масъала. Гьабсагӏаталда школазе гӏолел гьечӏо рахьдал мацӏалъул 50-ялдаса цӏикӏкӏун учитель. Хӏажат буго лъималазулъ рахьдал мацӏазде рокьи куцазе. Дие бокьун буго, рахьдал мацӏазул масъалаби тӏураялъул рахъалъ ругел нужер пикраби рагӏизе», — ян абуна вице-премьералъ данделъиялъул гӏахьалчагӏазда.\nБищун захӏматаб регион –\nДагъистан\nХӏажимет Сапаргӏалиевас бицана, рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда, федералияб даражаялда гьарулел ругел тадбиразул, масала, «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъулги, рахьдал мацӏазул рахъкквеялъулги, гьел цӏуниялъулгун церетӏезариялъул мурадалда Тӏолгороссиялъул фонд гӏуцӏиялъулги хӏакъалъулъ. «Мацӏ бугищ – буго халкъ, мацӏ гьечӏищ – гьечӏо халкъ. Лъималаздаги гьезул эбел-инсудаги бичӏчӏизабизе ккола гьеб пикру. Амма гӏицӏго хабар бициналдалъун бугеб хӏал хисизабун бажаруларо. Хӏалтӏи гӏуцӏизе ккола пачалихъияб даражаялда. Масала, къабул гьабизе ккола «Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ» закон.\nНилъер гьечӏо рахьдал мацӏалъул ЕГЭ. Буго гьеб Татарстаналда, гьелда бан рижун рукӏана гӏемер суалалги. Щивасул ихтияр буго, Москваялда, росулъ, ай щиб бакӏалда гӏумру гьабулеб батаниги, рахьдал мацӏ лъазабизеги гьеб школалда малъизеги. Гьединаб пикруялъул рахъги кквезе ккола нилъеца.\nМацӏазул суалгун тӏоцебесеб нухалда дун дандчӏвана 2012 соналда. Россиялъул Мацӏазул хӏакъалъулъ законалда хъван батана:\n1. РФялъул пачалихъияб мацӏ буго гӏурус мацӏ.\n2. РФялда гъорлъе унел республикабазул пачалихъияб мацӏлъун ккола гӏурус мацӏги РФялъул халкъазул рахьдал мацӏалги ва скобкабазда жаниб хъван буго: гӏурус мацӏ хутӏизегӏан абун. Щай гӏурус мацӏ гьоркьоса бахъун бугеб? Гьебги кколарищ рахьдал мацӏ? Дица хъвана законалда хиса-баси гьабеян хитӏаб. Щайгурелъул гӏурус халкъалъулги буго ихтияр рахьдал мацӏ лъазабизе. Гьиндусасдацин малъизе тӏадаб буго рахьдал мацӏ, щай гьелдаса махӏрум гьаризе кколел гӏурусал? Хиса-басиялде дандечӏана Татарстанги Осетияги. Хутӏараз гьелъул рахъккуна. Амма хиса-баси къабул гьабичӏого бана щуго лъагӏел.\nПачалихъияб Думаялде цӏиял депутатал рищараб мехалда, цӏидасан байбихьана гьеб суалалъул бицине. Щайгурелъул Татарстаналдаги, Башкириялдаги, Хакасиялдаги, Туваялдаги рахьдал мацӏги гӏурус мацӏги малъизе кьолаан щунус-нус сагӏат, гьелде тӏадеги, рахьдал мацӏалъул бакӏалда гӏурусазда ва батӏиял миллатазда малъулеб букӏана татар, тува ва цогидал мацӏал. 750 сагӏат кьолаан регионалъул мацӏ малъизе ва 500 сагӏат – гӏурус мацӏалде. Байбихьуда нижер пикру бичӏчӏичӏо цӏирищарал депутатазда. Хабарго букӏинчӏо, малъизе кколищ-кколарищ рахьдал мацӏин абураб: Конституциялда рекъон, гьеб малъизе тӏадаб буго. Бицен букӏана мацӏ тӏасабищизе ихтияр кьеялъул хӏакъалъулъ: рахьдал мацӏлъун гӏурус мацӏищ малъилеб яги регионалъул мацӏищ? Чанцӏулго тӏобитӏана данделъи, ракӏарун рукӏана улкаялъул президентасги. Кӏалъазе вахъана дун республикаялъул Халкъияб Собраниялдаги.\nЗаконалда хиса-баси гьабиялда цадахъго къабул гьабуна Рахьдал мацӏал цӏуниялъул ва церетӏезариялъул фонд рагьиялъул хӏакъалъулъ хӏукмуги. Президентас гьелда гъоркь гъолбасана ва Фонд гӏуцӏун буго. Гьениб буго 800 млн гъурушги. Гьанже цебечӏана экспертияб совет гӏуцӏиялъул масъала. Грантал кьолел ругониги, къецал гӏуцӏулел ругониги, хӏажалъула хӏалбихьи бугел лъикӏал махщелчагӏи. Кватӏичӏого лъазабизе буго грантазе гӏоло къец – бищун лъикӏаб цӏалул тӏехьалъухъ, методикияб пособиялъухъ ва гь.ц. Гьелда гӏахьаллъизе бегьула ва грантазухъ хӏадуризе бегьула рахьдал мацӏалъул тӏахьалги методикиял алаталги.\nДагъистан буго гӏемермацӏазулаб регион. Гӏемерисел лъималазда лъала мацӏал, гьез рикӏкӏуна кучӏдул. Амма гӏоларо мацӏ лъазабизе гъира букӏун. Законалъул рахъалъги рукӏине ккола бигьалъаби. Нилъеца гӏуцӏизе ккола инфраструктура, гьабизе ккола ингилис мацӏалдего гӏадинаб гъира рахьдал мацӏаздеги букӏунеб хӏал: программаби хӏадуризеги, тӏадеги стипендиял кьезеги, харжалде тӏаде процентал кьезеги. Батӏи-батӏиял нухалги ратун, эбел-эменгун лъимал гӏахьал гьаризе ккола рахьдал мацӏ лъазабиялъулъ. Гьеб фондалдаса гӏарцухъ цӏикӏкӏинаризе бегьула рахьдал мацӏалъул учительлъун цӏалулев студентасе стипендияги, учительзабазул харжалги, гьаризе бегьула цогидал бигьалъабиги.\nГӏуцӏизе ккола рахьдал мацӏазда инфраструктураги. Масала, Мордовиялда къватӏазулги тукабазулгун рестораназулги цӏарал, официалиял документал, пачалихъиял идарабазухъе хъварал хитӏабал – кинабго батана лъабго мацӏалда: мокша, эрзи ва векши. Кин гьел цӏалун бажарилеб, мацӏ лъалеб гьечӏони? Халкъияб Собраниялдаги министразул кабинеталдаги дандги бан, нилъецаги ургъизе ккола инфраструктураялъул нилъеего рекъонкколеб тайпа.\nРахьдал мацӏалъул учителасул букӏине ккола цогидав учителасе щолелдаса цӏикӏкӏараб харж. Гьебги гьабизе ккола нилъерго мацӏазул къадру борхиялъул мурадалда. Школалда дарсал кьун, мацӏ лъазе гьечӏо. Масала, дир вас школалда цӏалулеб заманалда, гьес рекӏехъе бицунаан лезги мацӏалда щуго гьумергӏанасеб кечӏ, амма гьесда лъалароан гьелда гъорлъ бугеб цониги рагӏул магӏна. Гьединал дарсазул пайда букӏунаро.\nЖакъа мукъсанаб харжалъухъ хӏалтӏулел учительзабазда цебе бетӏер къулула дица. Нижеца гӏуцӏана «Рагӏи» абураб Тӏолгороссиялъул рахьдал мацӏалъул учительзабазул ассоциация. Гьелъул буго экспертияб совет. РФялъул 57 мацӏалъул вакил вуго гьелда гъорлъ. Советалъул аслиял мурадал руго цӏалул ва методикиял тӏахьазул хӏакъалъулъ пикру загьир гьаби, учительзабазе методикияб кумек гьаби, рахьдал мацӏазул стандартал хӏадуриялъулъ гӏахьаллъи ва гь.ц. Ракӏалда буго, Тӏолгороссиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул съездги Дагъистаналда тӏобитӏизе», — ян бицана гьес.\nРукь цӏазе ккола киналго\nцадахъ лъугьун\nТатьяна Гамалейица кӏварбуссинабуна рахьдал мацӏал малъиялъулъ пачалихъиял идарабазулги, гӏелмиял ва экспертиял жамгӏиятазулги, школазулгун вузазулги, жамгӏиял идарабазулгун хъизамалъулги къуват цолъизабиялде. «Рахьдал мацӏазда сверухъ улкаялда бахъараб ахӏиялъ гьеб масъалаялде буссинабуна жамгӏияталъул гуребги, пачалихъалъулги пикру. Ханты-Мансийскалдаги цогидал бакӏаздаги рукӏарал дандеруссиназда президент Владимир Путиница гьелде буссинабулаан аслияб кӏвар. Амма мацӏал цӏунизе кколин абун гӏемер гаргадиялъул хӏасил кколаро. Гьелъие гӏоло къеркьезе ккола киналго – хъизанги, школаги, пачалихъиялгун муниципалиял идарабиги. Цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏичӏони, рахьдал мацӏал цӏуниялъулги гьел церетӏезариялъулги масъалаби тӏуразе захӏмалъизе буго. Малъулеб буго мацӏазул цо бутӏа, гьебго заманалда нилъеда кӏочене бегьуларо къадар дагьал халкъалги, рахьдал мацӏалда адабият цебетӏезабиги. Нилъеда цебечӏараб аслияб масъала буго патернализмалде, ай жамгӏияталъул цо бутӏаялде кӏварги кьун, цогидаб бутӏа рехунгутӏиялде дандечӏей гьаби. Цӏалул тӏахьалгун журналал рахъиялъги, учительзабазул лъай камил гьабиялъги кинабгӏаги кумек гьабизе гьечӏо, гьарулел хиса-басиял къабул гьаризе халкъалъул гъира гьечӏони ва жинцагоги гьелъие квербакъулеб гьечӏони», — ян бицана министралъ.\nХӏажат буго пачалихъияб\nпрограмма\nДагъистаналъул лъайкьей цебетӏезабиялъул институталъул ректор Хӏамзат Жамалудиновас гьадин бицана рахьдал мацӏазул гьабсагӏаталда бугеб хӏалалъулги гьел цӏуниялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хӏакъалъулъ: «Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 28 мацӏги 80-ялдаса цӏикӏкӏун гьезул лугъатги. Республикаялъул лъайкьеялъул идарабазда малъулеб буго 13 рахьдал мацӏ: гӏурус, агул, магӏарул, азербайжан, дарги, лъарагӏ, лезги, лак, нугъай, табасаран, цахур, рутул, чачан. Рахьдал мацӏал уна цӏалул планалъул чарагьечӏеб бутӏаялда гъорлъе ва гьел чарагьечӏого малъизе ккола школалда. Гьебго заманалда цӏунун буго «Дагъистаналъул адабият» абураб дарс тӏасабищизе ихтиярги.\nАхираб щуго соналда жаниб рахьдал мацӏ малъулеб буго Дагъистаналъул цӏалдохъабазул 80-ялдаса цӏикӏкӏун проценталда. Амма республикаялъул цониги шагьаралда гьеб малъуларо цӏалдохъабазул 100 проценталда. Хасго квешаб хӏал буго гьеб рахъалъ Гъизляр, Избербаш, Южно-Сухокумск шагьаразда. Гьенир ругел дагъистанияз хӏаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул адабияталъул дарс лъималазе тӏасабищизе ва гьел махӏрум гьарулел руго рахьдал мацӏалъул бечелъиялдаса. Гьел шагьаразда гӏумру гьабулезул цӏикӏкӏараб къадар ккола магӏарулгун гӏандадерил ва цез мацӏазул вакилзаби», — ян.\nДИРОялъул ректорас рехсана рахьдал мацӏалъулги гьеб дарс кьолел учительзабазулги къадру борхизабиялъул мурадалда ДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ гӏуцӏулел тадбиразул – къецазулгун олимпиадабазул ва фестивалазул хӏакъалъулъги. Учительзаби хӏадуриялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьадинал хӏужаби рехсана гьес: «Санайил ДИРОялда лъай камил гьабула 600 учителас. Гьезие кьола 72 сагӏтил дарсги. ДГПУялда хӏадурула микьго мацӏалъул учительзаби. Гьабсагӏаталда гьенив цӏалулев вуго 286 студент, гьелде тӏадеги заочно – 241 чи; ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистан-гӏурус отделениялда – 164 ва 129 – заочно. Амма гьел тадбирал гӏоларо.\nЛъагӏалидаса лъагӏалиде дагьлъулеб буго рахьдал мацӏалда кӏалъалел дагъистаниязул къадар, хасго гӏолилазда гьоркьоб. Бищунго хашаб хӏал буго тумазул мацӏалъул: гьезул 25-30 проценталда гурони рахьдал мацӏ лъаларо. 2002 соналдаса 2009 соналде щвезегӏан 70 азаргониги магӏаруласда кӏочон тана рахьдал мацӏ. Махӏачхъалаялъул гӏемерисел цӏалдохъабазда лъаларо магӏарул мацӏ. Гьеб буго хӏинкъизе ккараб хӏужа. Хӏажат буго лъикӏго хӏадурараб пачалихъияб программа. Гьелъ тӏуразе ккола гьал хадусел масъалабиги.\n1500 школалда гьоркьоса гӏемерисел руго росабалъ. Гӏемерал соназ гьезда абулаан «рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏарал школалин» абун. Гьениб 1-4 классазда цӏалиги гӏуцӏун букӏана рахьдал мацӏалда. Араб гӏасруялъул 30-абилел соназдаго байбихьараб гьеб ишалъул лъикӏаб хӏасил букӏана: ращадго лъалаан гӏурусги рахьдалги мацӏал. Ахирал соназда, рахьдал мацӏалда хъварал математикаялъулги тӏабигӏат лъаялъулги цӏалул тӏахьал гьечӏолъиялда бан, росабазул байбихьул школа сверизабуна гӏурус мацӏалда цӏали гӏуцӏараб школалде.\n1. ФГОСазде рекъонкколеб цӏалул план хӏадури ккола лъайкьеялъул идараялъул иш. Школазул цӏалул планазул халгьабураб мехалда, бихьулеб буго гьел батӏи-батӏиял планазда рекъон хӏалтӏулеллъи. Цо-цо байбихьул школалда рахьдал мацӏалъе кьолеб буго анкьида жаниб 0,5-5 сагӏат, чӏахӏиял классазда – 2-5 сагӏат. Школазда гьечӏо гьеб рахъалъ цогояб низам. Махӏачхъалаялда, масала, гьадин буго: 1-2 классазда – анкьие цо дарс, лъабабилеб классалда – кӏиго дарс, ункъабилеб классалда – цо дарс, 5-8 классазда – лъабго дарс, ичӏабилеб классалда – кӏиго дарс ва 10-11 классазда – цо дарс. Гьединабго хӏал буго №11 гимназиялдаги (миллиял мацӏазулгун маданияталъул профилияб школа – ред.), гӏицӏго байбихьул классазда, тӏоцебесеб классалда хутӏизегӏан, гьениб кьола анкьида жаниб кӏи-кӏи дарс. Лъикӏаб хӏал буго Ленинкенталъул №35 гимназиялда: 2-8 классазда буго лъабго дарс анкьида жаниб ва 10-11 классазда – кӏиго. Махӏачхъалаялда вуго 83166 цӏалдохъан ва гьезда гьоркьоса рахьдал мацӏ малъулеб буго 57278 цӏалдохъанасда.\nКазбек районалъул школаздаги гьечӏо рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул цогояб низам.\nЦо-цо школазда рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги дарсал рачун гьечӏо чарагьечӏеб цӏалул планалда гъорлъе. Гьединал цӏалул планаз квербакъуларо рахьдал мацӏ камилго малъиялъе.\n2. Жеги тӏубачӏеб масъала буго цӏалулгун методикиял тӏахьаздалъун школал хьезариги. Гӏолел гьечӏо чачан, азербайжан, нугъай мацӏазда тӏахьал – гьел басмаялде рахъула Грозныялдаги, Бакуялдаги, Черкесскалдаги. Гьанжесеб школалда гьукъун буго федералияб сияхӏалда гъорлъе ккечӏел цӏалул тӏахьал хӏалтӏизаризе. Гьеб низамалде рекъонкколаро лъайкьеялъул идарабазда хӏалтӏизарулел цӏалул тӏахьал. Федералияб сияхӏалде босизе ккани, цӏалул тӏехьалъул экспертиза гьабизе ккола ва гьеб цӏакъго хираго чӏола. Гьеб масъала тӏубазе бегьула, «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб законалъул 18 статьяялъул анкьабилеб пункталда хиса-баси гьабуни, ай экспертиза гьабиялъул ихтияр регионазухъе кьуни.\n3. Гӏемерисел школазда гьечӏо рахьдал мацӏазул кабинетал. Махӏачхъалаялъул школазул 50 проценталда руго гьел. Цӏакъ лъикӏ къачӏан руго №№ 35, 51 ва цо-цо цогидалги школазул кабинетал. Амма гьединал мисалал дагьал руго.\n4. Школазда гьечӏо методикиял тӏахьал, диктантазулгун изложениязул мажмугӏал, дидактикиял пособиял, грамматикаялъул таблицаби.\n5. Кӏудияб масъала ккола рахьдал мацӏазда художествиял асарал рахъиги, хасго лъималазе хъварал. Школазул библиотекабазе гьел щвечӏого балеб буго 25-ялдаса цӏикӏкӏун сон.\nДагъистаналъул халкъазул мацӏал цӏуниялъул ва гьел церетӏезариялъул мурадалда, нижер пикруялда рекъон, гьаризе ккола гьадинал тадбирал:\n1. Тасдикъ гьабизе ккола Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ закон.\n2. Мухӏканго чӏезабизе ккола щибаб классалда кьезе кколел дарсазул къадар ва киназдаго лъазабизе ккола, гьелдаса кьуризе ихтияр гьечӏин абун.\n3. Гьабизе ккола байбихьул школалда рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏиялъул суалалъул цӏех-рех.\n4. Чарагьечӏеблъун гьабизе ккола шагьаралъул школазул 1-11 классазда рахьдал мацӏ малъи.\n5. Дагъистаналда гӏурус мацӏ хӏалтӏизаби лъугьун буго гӏумруялъул хӏакъикъатлъун. Амма гьелдаго цадахъ, кӏваркьезе ккола миллиял мацӏаздеги. Гьединлъидал лъикӏаб букӏина, миллиял мацӏазда радиоялдасанги телевидениялдасанги кьолел передачабазул заман цӏикӏкӏинабуни.\n6. Рахьдал мацӏазулги адабияталъулги масъалабазул хӏакъалъулъ бицунел конференциялги, семинаралги, форумалги ва гургинал столалги гӏуцӏизе ккола тӏолгороссиялъул ва республикаялъул даржаялда.\n7. Хӏалбихьизе ккола рахьдал мацӏалъул ОГЭ тӏобитӏизе.\n8. Цӏикӏкӏинаризе ккола миллиял мацӏазул дарсал кьолел учительзабазул харжал».\nМацӏал росун руго\nБагӏараб тӏехьалде\nДГУялъул филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевас кӏварбуссинабуна учительзаби хӏадуриялъул масъалаялде. «Нилъер республикаялда гӏемер кӏвар кьола рахьдал мацӏал цӏуниялде. Университеталда малъула 12 мацӏ: гӏурус ва Дагъистаналъул халкъазул 11 мацӏ. Гьелъ рижизарула тӏуразе захӏматал масъалабиги. Ректорасул хӏукмуялдалъун, РДОялъул студентазул стипендия кӏицӏул цӏикӏкӏинабуна. Хакасиялда, рахьдал мацӏ лъазабулев щивав студентасе стипендиялде тӏаде кьола 2000 гъуруш ва рахьдал мацӏалъул преподавателасеги – харжалде тӏаде 15 процент. Цӏалул тӏахьал хӏадурула Рахьдал мацӏал лъазариялъул централъ. Гӏуцӏун буго Миллияб адабият лъазабиялъул центрги. Аслияб масъала буго, РДОялде цӏализе абитуриентал рачӏинари. Нугъай, агул, цахур мацӏазул отделениязде абитуриентал рачӏунарого рукӏуна, исана гьебго хӏал букӏана лезги мацӏалъулги. Рахьдал мацӏазул Багӏараб тӏехьалде росун руго бежтӏадерилги, гьинухъдерилги, балъхъадерилгун гӏандадерилги, багвалазулгун чӏамалазулги ва цогидалги халкъазул мацӏал – гьел дунялалдаса тӏагӏиналъул хӏинкъи буго. Абулеб буго, дунялалда тӏад щибаб анкьалъ цо мацӏ тӏагӏунеб бугилан. Социалиял цӏех-рехазул баяназда рекъон, Дагъистаналъул цӏалдохъабазул 3,5 проценталъ загьир гьабуна школалда рахьдал мацӏ малъизе кколарин абураб пикру. ИЯЛИялъул цӏех-рехалда рекъон, Махӏачхъалаялъул цӏалдохъабазул 92 проценталда лъаларо рахьдал мацӏ. Гьеб ккола РДОялда цӏализе абитуриентал рачӏунгутӏиялъе гӏиллаги. Цӏалул группа гӏуцӏизе кигӏан захӏмалъаниги, нижеца хӏаракат гьабизе ккола цӏализе рачӏаразениги шартӏал гӏуцӏиялъе. Дагъистаналъул мацӏалгун адабият малъула бакалавриаталъулги, магистратураялъулги, аспирантураялъулги даражаялда. Хӏажимет Сапаргӏалиев чанцӏулго щвана факультеталде ва гьесул квербакъиялдалъун бажарана чанги масъала тӏубазеги. Руго лъикӏаб хӏалбихьигун гӏелмияб даража бугел преподавателалги.\nРахьдал мацӏал цӏуниялъул масъалаби тӏуразе ккани, дир пикруялда рекъон, гӏуцӏизе ккола тӏоцебесеб иргаялда санагӏатал шартӏал. Мацӏалде рокьи куцазе ккола хъизамалдаго. Хадубккун гьеб букӏине ккола лъималазул ахалдаги, школалдаги, вузалдаги. Лъайкьеялъул цо идараялда цӏалуе шартӏал гӏуцӏиялдалъун масъала тӏубаларо – жамгӏияталъул букӏине ккола гьелдехун тӏалабияб бербалагьи.\nКӏваркьезе ккола къадар дагьал халкъазулги ракьалдаса тӏагӏиналъул хӏинкъи бугелги мацӏазде. Политикаялдаса рикӏкӏадги гьабун, тӏубазе ккола хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏал малъиялъул суал. Агул, рутул, цахур мацӏал гьедин цӏунун хутӏана – гьел мацӏазда гӏуцӏана хъвай-хъвагӏайги, рахъана тӏахьалгун журналалги, хъвана гӏелмиял хӏалтӏабиги. Гӏуцӏизе ккола лингвистикиял экспедициял. Дагъистаналъул мацӏазул рахъкквейлъун букӏина гӏелмиял дандеруссинал тӏоритӏиги. Мацӏал цӏунулелинги абун, цо-цояз гьеб масъала тӏубазе кколин ахӏи бахъинабула жиндирго мурадазе гӏоло. Гьеб мекъаб нух буго», — ян бицана филфакалъул деканас.\nРахьдал мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Зугьра Дибировалъ бицана Дагъистаналъул школазда мацӏал малъиялъул бугеб хӏалалъулги, учительзабаздаги цӏалдохъабаздаги гьоркьор республикаялда тӏоритӏулел къецазулги, гьелда дандчӏвалел масъалабазулги хӏакъалъулъ. Рахьдал мацӏазул учительзабазда гьоркьоб конкуренция гьечӏолъиялъул хӏасил лъикӏаб кколарин абуна гьелъ.\nМиллиял мацӏазда кьолел\nпередачабазул масъала\nДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас ракӏалдещвезавуна 50-абилел соназда республикаялъул миллиял газетал цӏунизе вахъарав магӏарул газеталъул бетӏерав редактор ва ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Мухӏамад Шамхалов. «Дагъистаналъул обкомалъул хӏукмуялда рекъон, «Дагъистаналъул правда» газеталъул дубляж гьабизе миллиял газетал тӏамураб мехалда, магӏарул газета хъван букӏана 30 азаргоялде гӏагарун чияс. 1949-1957 соназда хутӏана 6000. Гьесул ва Гӏабдурахӏман Данияловасул хӏаракаталдалъун бажарана миллиял газеталги рахьдал мацӏалда адабиятгун пресса цӏализе гъира бугел цӏалдолелги цӏунизе.\nЖакъа буго гьелдаса квешаб хӏал. Министерствоялъул цӏаралдасаго бахъана «печаталъул» абураб рагӏи. Нижер министерствоялъул данделъиялда цохӏо нухалда рехсана прессаялъул цӏар, кинабго бицунеб жо сверун буго бухьеназдеги, технологияздеги ва цогидалги суалазде. Доб мехалда, рахьдал мацӏал цӏунеян ахӏи бана ЦКялде. Гьанже лъиде хитӏаб гьабилеб? Мацӏазул масъалабазул хӏакъалъулъ дица кагътал хъван рукӏана РФялъул президент Владимир Путинихъеги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володинихъеги, РФялъул Журналистазул союзалъул председатель Соловьевасухъеги…\nРахьдал мацӏазул къадру борхизабулел нухаллъун дида рихьула:\n1. Рахьдал мацӏалъул учителасул харжалде тӏаде 15 процент кьей.\n2. ДГУялда цӏидасан рагьизе Дагъистаналъул филологиялъул факультет.\n3. Телевидениялдаги радиоялдаги миллиял мацӏазда кьолел передачабазул заман цӏикӏкӏинаби. Гьениб бицунеб жоялде цӏикӏкӏун кӏваркьей. Гьелъухъ балагьулел ва гӏенеккулел гӏадамазул хӏисаб гьаби.\n4. Учительзабаздаги маданияталъул идарабазул хӏалтӏухъабаздаги миллиял газетал хъвазари.\n5. Рахьдал мацӏалда ОГЭ ва ЕГЭ тӏоритӏи.\n6. Лъималазул ахалдасаго рахьдал мацӏ малъи.\n7. Рахьдал мацӏал цӏуниялъул фонд гӏуцӏи.\n8. Цӏидасан рагьизе Дагъистаналъул цӏалул тӏахьазул басмахана», — ян абуна Камаловас.\nРехсараб фонд рагьизе бигьаяб иш бугин абуна Уммупазил Гӏумаровалъ. «Гъоркьиса цо чияс нижее кьун букӏана цӏалул тӏахьал риччазе гӏарац. Гьеб хӏалтӏизабичӏого хутӏана. Гьеб рехизе бегьула фондалде. Рачӏаха нилъеца гьедин гьабизе», — ян абуна гьелъ.\nДагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул директор Марина Гӏумаровалъ борхана миллиял мацӏазда лъималазул тӏахьал рахъиялъул масъала. «Нижер басмаханаялъул иш кколаро лъималазе тӏахьал риччай. Гьечӏо гьел хӏадурулеб цоги басмаханаги. Амма лъималазе тӏахьалги рахъичӏого, рахьдал мацӏалде рокьи куцазе бажаруларо», — ян абуна гьелъ.\nОрфографиялъул комиссия\nДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас бицана рахьдал мацӏал цӏуниялъул иш бараб бугин Орфографиялъул комиссиязул хӏалтӏул хӏасилалда. «Цереккун гӏуцӏун рукӏана гьел, амма цониги нухалда тӏобитӏичӏо гьезул данделъи. Гӏуцӏизе ккола щибаб мацӏалъул хасаб комиссия.\nРахьдал мацӏалъул къадру цӏикӏкӏиналъул нухлъун дида бихьула пачалихъиял хъулухъазде гӏадамал росулеб мехалда, гьезда рахьдал мацӏалъул экзамен кьезабиги. Кӏудияб кӏвар буго гьеб рахъалъ телевидениялдасанги радиоялдасанги кьолел передачабазулги», — ян абуна гьес.\n«Данделъиялда рехсарал суалалги загьир гьарурал пикрабиги кьочӏое росун, хасаб протоколги хъван, гьеб кьезе буго ДРялъул хӏукуматалъухъе», — ян абуна данделъиялъул ахиралда Уммупазил Гӏумаровалъ.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "3826-iskusstvoyal-ul-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3826-iskusstvoyal-ul-giadamal", "title": "Искусствоялъул гӏадамал", "date": "2019-02-25 07:08:28", "categories": ["lit"], "text": "Имам Шамилиеги памятник базе ккола\nЦӏияб соналда цересел къоязда «Республикаялда цере гьарурал хъулухъазе гӏоло» абураб орден кьуна Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахӏикъав художник, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул кӏицӏул лауреат, профессор, скульптор Гӏалихӏажи Сайгидовасе. Гӏалихӏажиясул хӏалтӏаби рихьизе бегьула Россиялъул художествияб фондалдаги, Дагъистаналъул музеяздаги, республикаялъул шагьаразул къватӏаздаги, хӏухьбахъиялъул парказдагун сквераздаги. Гьезда гьоркьорги рехсезе бегьула М. Танкаевасе, Гӏ. Данияловасе, Цӏ. Хӏамзатие, И. Хъазахъие, гӏурус учительницаялъе, Цӏада росулъ къункърабазе рарал памятникал, республикаялъул миллияб библиотекаялда лъурал Дагъистаналъул адабияталъул классиказе барельефал. Скульпторасул хӏалтӏаби лъун руго Эрмениялда, Азербайжаналда, Гуржиялъ. Кӏудияб художествоялъулабгун философияб магӏна гъорлъ лъун буго Гӏалихӏажияс жиндирго гӏагараб Салтӏа росулъ ХӀX гӏасруялъул Кавказалъул рагъул, граждан рагъул ва Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзазе бараб памятникалъулъги, гьениб аскӏобго бугеб цӏар рагӏарав гӏурусазул хирург Пироговасе бараб обелискалъулъги.\nГӏалихӏажи цӏалана республикаялъул Мухӏидин Жамалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялда, Дагъистаналдаса лъабго чияс гурони лъугӏичӏеб И. Репинил цӏаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул, архитектураялъул институталъул скульпторал хӏадур гьарулеб факультеталда.\n— Щвараб лъаялда гӏей гьабун чӏарав художник цеве унаро, — ян абула Сайгидовас. — Щибаб лахӏзаталъ, хӏатта макьилъги скульптор ургъизе ккола цо кинаб букӏаниги цӏияб сюжеталда тӏад, рекӏелъ, пикрабалъ букӏине ккола цӏияб сюжет, эскиз. Художник ккола философ.\nСкульпторасда республикаялъул тӏадегӏанаб шапакъат баркизе гьесул мастерскаялде щварав дун гӏажаиблъизе гьавуна гьенир ратарал эскизаз, гипсалда хӏадур гьарурал макетаз. Дун художество гъваридго лъалев специалист гьечӏониги, гьесул хӏалтӏабазухъ балагьараб мехалда гӏажаиблъизе бачӏана. Дида ричӏчӏичӏел цо-цо макетал гьес ричӏчӏизаридал, дида ккана гьел художникас рухӏ лъурал чӏагоял жалин.\n— Гӏалихӏажи, дида гьаниб бихьулеб буго кӏиго чӏужугӏаданалъул скульптураги. Дагъистаналъул эбелалъе памятник дуца хӏадур гьабулеб бугин абулеб букӏана. Гьаб кӏиябго скульптурайищха гьеб?\n— Республикаялъул Культураялъул министерствоялъ конкурс лъазабун букӏана Дагъистаналъул эбелалъе памятникалъе эскизалъе. Гьениб дир проект бергьун букӏана. Гьелъул рахъккуна республикаялъул бетӏерлъун вукӏарав Р. Гӏабдулатӏиповасги. Гьеб букӏана ботӏрода кӏазги чӏварай, магӏарул къагӏидаялъ ретӏа-къарай, яхъун чӏун цояб кверги эхеде битӏун, цояб квералъ лъимадул квер ккураб макет. Гипсалдаса мазгаралде рачӏине байбихьараб мехалда, Гӏабдулатӏипов хӏалтӏудаса ана. Цевеса аравщинав какун ругьунал цо къапила лъугьана лъебелалъул, ай Гӏабдулатӏиповасул эбелалъул сипаталда гьабураб скульптура бугин гьебилан гьерсал, гӏахьучӏал тӏиритӏизаризе. Хӏасил-калам, гьеб къабуллъичӏо цӏибачӏараб командаялъеги, кутакалда лъикӏаб бугилан цебеккун гьеб беццаразеги. Цӏидасанги лъазабуна конкурс. Гьенибги бергьана дир хӏалтӏи – гьале дуда цебе буго аскӏоб лъимерги ккун гӏодой чӏарай Дагъистаналъул эбелалъе памятник. Гьеб букӏине буго ункъо метр борхалъиялъул. Гьеб проект къабул гьабуна комиссиялъги, дандбан буго республикаялъул нухмалъиялдаги. Гьезги гьеб лъикӏаблъун рикӏкӏана.\n— Киб лъезе бугеб памятник?\n— Памятник лъеялъе чӏванкъотӏун тӏасабищараб бакӏ гьечӏо. Буго кӏиго пикру: «Ленинград» гостиницаялда аскӏоб ялъуни Кировасул цӏаралда бугеб къватӏалъул сквералда. Россиялъул ва къватӏисел улкабазул цониги шагьар гьечӏо эбелалъе, чӏужугӏаданалъе памятник лъечӏеб. Нилъер гьаниб гьеб цебего эхетизе кколаан.\n— Дур цо-цо скульптураби ричӏчӏизе захӏмалъула. Мисалалъе, Р. Хӏамзатовасул къотӏноб лъун букӏараб «Мать и дитя» скульптура какулелги дагьал рукӏинчӏо. Гьанже гьеб нахъе бахъун буго. Кибе гьеб араб?\n— Искусство бичӏчӏулел чагӏи нилъер гӏемер руго. Квеш ккараб жо буго гьеб бичӏчӏуларезул гьаркьал цӏикӏкӏунел рукӏин. Цо-цо мехалда дида ккола дун Европаялдагӏаги вукӏараваниян. «Мать и дитя» скульптураялъе гьеб бичӏчӏулел чагӏаз лъикӏаб къимат кьуна. Бичӏчӏуларезул кумекалдалъун шагьаралъул цеве вукӏарав мэрас нахъе бахъизабуна. Гьеб босун ана Дагъистаналъул югалъулаб рахъалде ва гьениб цо райцентралда лъунги буго. Искусство «цӏакъго бичӏчӏулез» бицине байбихьана Гӏурустеатралда цебе лъун бугеб «Прерванная музыка» абураб скульптураялъулги. Искусство бичӏчӏулел дагъистаниязги Москваялдаса рачӏарал художниказги гьелъие тӏадегӏанаб къимат кьедал, руцӏцӏунги чӏана. Памятникал, скульптураби рукӏине ккола философияб магӏна гъорлъ бугел, балагьарал ургъизе, пикру гьабизе, хасго гӏолилал анищал гьаризе тӏамулел, рухӏияб рахъалъ инсан бечед гьавулел. Искусствоялъул къимат гьабуларо нилъер гьаниб. Цебе гӏадин Культураялъул министерствоялъги гьелде кӏварго кьоларо. Хӏакъикъаталдайин абуни, букӏине ккола иш лъалел чагӏаздаса гӏуцӏараб художествияб совет. Гьебги цогидабги гьечӏолъиялъ нилъ рачунел руго рухӏияб хъарцинлъиялде. Битӏахъе ракӏ унтула гьадингоял дилетантаз искусство чӏвалеб бихьидал.\n— Имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тӏубаялде памятникалъе лъазабураб дур проект бергьун букӏана. Гьаниб мастерскаялда гьелъул гьитӏинаб копияги бихьулеб буго. Щай гьеб лъечӏеб?\n— 1997 соналда имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тӏубаялде лъезе кколаан памятник. 1996 соналдаго дица гипсалдалъун хӏадурун букӏана кӏиго метр борхалъи бугеб скульптура. Чода рекӏарав имамасул памятникалъул борхалъи букӏине кколаан анлъго метр. Гьеб лъезе тӏасабищун букӏана троллейбусалъул горсвери бугеб бакӏги. Пачалихъияб советалъул председательлъун вукӏарав Мухӏамадгӏалигун цадахъ дихъе рачӏун рукӏана республикаялъул кинабго нухмалъиги. Гьел разигоги хутӏана памятникалдаса. М.-Гӏ. Мухӏамадовасул кагъатгун дун ана Москваялде, Роскультураялде. Гьезулгун дандги бан, щвана литейнияб заводалде. Къотӏи-къай гьабуна авансалъе цебеккун гӏарац гьенибе битӏизе ва цинги памятник гьабизе байбихьизе. Гьелдаса хадуб байбихьана бада-гъудур. Диналъ гьукъараб бугин инсанасул сурат гьабизеян лъугьана диниял цо-цо церехъаби. Гьезул асарищ цӏикӏкӏараб ялъуни политикайищ гьоркьоб чӏварабали, хӏалтӏи чӏун хутӏана. Парангазул колонизаторазде данде вагъулев вукӏарав бусурманчи Гӏабдулкъадирие къоло лъабго метралъул борхалъи бугеб памятник гьабун буго Алжиралда. Турциялда, Египеталда, Азербайжаналда, Гьоркьохъеб Азиялъул улкабазда ран руго памятникал, нилъ ругеб къагӏидаха бищун цӏакъал.\nДида бичӏчӏухъе, гьениб политика хӏалтӏизабуна. Пачаясул Россиялда данде имам Шамил вагъана эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло. Гьев вукӏана рухӏияв цевехъан гуревги, жинца Европаялдацин букӏинчӏеб халкъияб, демократияб пачалихъ гӏуцӏарав политик, полководец, гӏалимчи, реформатор. Имам Шамилие цо бакӏалда гуреб чанго бакӏалда лъезе ккола памятник. Жеги гьеб лъун гьечӏолъиги ккола дагъистаниязе ничаб жо. Шамилил скульптураялъухъ валагьизе дир мастерскаялде вачӏун вукӏана Расул Хӏамзатовги. Гьес бицана Совет Союзалдаса рачӏарал машгьурал хъвадарухъабиги рачун жив Гъуниве щванила ва гьезда тӏабигӏатги, рагъ ккарал бакӏалги рихьизарун хадуб гьез гьикъанила Шамилие бараб памятник киб бугебилан. Гьезда абизе жиндидаги рагӏи батичӏила.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "3836-khkhi-giasruyal-ul-epidemiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3836-khkhi-giasruyal-ul-epidemiya", "title": "XХӀ гӏасруялъул эпидемия", "date": "2019-02-25 07:10:45", "categories": ["med"], "text": "Сахлъиялъе пайдаяб диналъ гьукъуларо\nПрививкабаздаса инкар гьабизе ихтияр буго, амма…\nРеспубликаялъул сахлъицӏуниялъул идарабаз ахӏи балеб буго республикаялда месед унти тӏибитӏиялъул хӏужаби цӏикӏкӏунел ругилан. Январь моцӏалда жаниб месед унтиялда щаклъи бугев 44 чи вугин республикаялдаян лъазабун букӏана Сахлъицӏуниялъул министерствоялъги.\nМесед унти бахиналъул хӏужаби ахираб лъабго соналда жанир цӏикӏкӏунел руго. 2016 соналда Дагъистаналда месед унти бахарав лъабго чи гурони вукӏун ватичӏони, 2017 соналда унтаразул къадар 98-ялде бахана. 2018 соналдайин абуни унтаразул къадар лъабго нухалъ цӏикӏкӏана (280 чи). Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ месед унти тӏибитӏиялъе гӏиллалъун рикӏкӏунеб буго гӏадамаз прививкабаздаса инкар гьаби. Прививкабазул хӏакъалъулъ Интернеталдасан рицунел харбазухъ гӏенеккидал, гӏемерисел хӏинкъулел руго вакцинация гьабизе. Гӏаммаб къагӏидаялда прививкабаздаса инкар гьабиялъе гӏилла щибали ва халкъалда гьоркьоб гьелдехун кинаб бербалагьи бугебали, Интернеталдаса ва цогидал ресаздаса пайда босун, цӏех-рех гьабуна нижецаги.\nГьал хадур рехсарал жавабазда гьоркьоса дандекколеб тӏасабище, бокьани гьелъие гӏиллаги хъвай.\n1) Прививкабазул календаралда рекъон, киналго прививкаби гьарула.\n2) Цо-цо прививкабаздаса инкар гьабула.\n3) Вакцинабазулъ ругел жал чорхолъе риччай диналде дандекколареб букӏиналъ, инкар гьабула.\n4) Прививкабазул пайдаялда божуларо, гьел сабаблъун лъимер унтизе рес буго.\nГӏемерисез тӏасабищана кӏиабилеб жаваб. Цо-цо привикаби гьоркьор риччалел руго. Жал гьаричӏого цӏалул идарабазде лъимал къабул гьаруларел прививкаби хутӏизегӏан, цогидал прививкабаздаса инкар гьабулеб буго гьез.\nЩивав чиясул ихтияр буго прививкаялдаса инкар гьабизе. Амма прививкаби гьаричӏел лъимал, ахирал анкьазда республикаялда месед унти тӏибитӏун букӏиналда бан, лъайкьеялъул идарабазде риччалел гьечӏо.\nПрививкабазул хӏакъалъулъ\nпикраби\nХадижат, щуго лъимадул эбел: «Дица дирго лъималазе гьабулеб цогӏаги прививкаялдаса инкар гьабичӏо. Тохтурзаби Аллагьас нилъее сабабалъе тӏамурал гӏадамал руго».\nХӏамзат: «Бил Гейтс тохтурищха кколев? Довлъидал прививкаби тӏиритӏизарулезул аслияв чи. Амма гьес жиндирго лъималазе гьарулел гьечӏоха прививкаби. Дунялалъулго халкъалъул къадар дагь гьабиялъе ургъараб хӏилла буго вакцинация».\nШамил: «Цониги прививка гьабизе бегьуларо. Цониги прививкаялъул пайда букӏин чӏезабураб хӏужаги гьечӏо. Къваригӏараб жо буго гӏадамаз, хасго тохтурзабаз кӏиябго пикруялъул: прививкаби гьарейилан абулезулги, гьаризе бегьуларин абулезулги далилазухъ халгьабизе. Гьебмехалда бегьула, анализги гьабун, къимат кьезе. Рекламаялъги телевизоралъги махсараде кквезе щай чӏолел?\nШагьрузат: «Цониги прививка гьабичӏо, гьезул пайдаги гьечӏо, зарал гурони».\nГӏабидат: «Дица лъимадуе цохӏо БЦЖ (туберкулезалде данде) прививка гурони гьабичӏо. Цогидал прививкаби гьаризеги ракӏалда гьечӏо. Прививка гьабураб лъимадеги бахине рес бугелъул бокьараб унти. Кинаб букӏаниги прививка гьабураб лъимер 21 къоялъ гьеб унтул гьитӏинаб бутӏа чорхолъ бугеблъун рикӏкӏунин абула. Гьеб вакцина гьабураб лъимер лъималазул ахикье яги школалде, прививкабиго гьаричӏел яги цереккунго гьел гьарурал лъималазда цадахъ букӏунеб буго. Иммунитет загӏипаб лъимаде унти хехго бахине рес бугелъул».\nГӏайшат: «Дица лъималазе цогӏаги прививка гьабизе биччачӏо. Батӏи-батӏиял вакцинаби кин гьарурал ругелали халгьабизе бегьула Интернеталдасан яги бокьарав тохтурасда цӏехезе бегьула. Батӏи-батӏиял унтабазде данде вакцинаби гьарун рукӏуна гьел унтаби ругел гӏадамазул биоматериалалдаса яги гьеб унтудалъун хварал гӏадамазул клеткабаздаса. Диналда рекъон, нажасаб жоялда квер хъвазе бегьулареб мехалда, гьеб чорхолъе биччазеги бегьуларин рикӏкӏуна дица. Прививкабазулъ дагьаб къадаралда рукӏуна лъамамесед, формальдегид (рак унти ккезабулеб жо) гӏадал заралиял жал. Нижер гӏагарлъиялъул гӏадамазги инкар гьабула прививкабаздаса».\nИсламалда рекъон\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго кинаб бугониги вакцина нажасаб жоялъул гьабураб бугин, гьединлъидал чороклъи чорхолъе биччайги диналда дандекколарин абун. Батӏи-батӏиял унтабазде данде гьарулел вакцинаби чорокабщинаб жоялъул, унтарал гӏадамазул ва хвараб боцӏул клеткабаздаса гьарурал рукӏунин, гьединлъидал, исламалда рекъон, прививкаби гьаризе бегьуларин абураб пикру битӏараб бугищ? Гьелъул хӏакъалъулъ гӏалимзабазул пикру цӏехана ДРялъул муфтияталъул централияб округалда вугев вакил Идрис Асадулаевасда.\n«Исламалъ кӏвар кьола инсанасул рухӏияб ва чорхол сахлъиялде. Пикру гьабизе ккела исламалда гӏибадат гьабигицин инсанасул сахлъиялъе пайда бугеблъун букӏиналъулги. Исламалъ рахъккола сахаб къагӏидаялъ гӏумру гьабиялъул. Прививкабаз ва дарабаз инсанасул сахлъиялъе зарал гьабулеб гьечӏелдаса нахъе гьел гьукъаралги гьечӏо», — ян абуна Идрис Асадулаевас.\nТохтуралъул пикру\nМахӏачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудинова:\n«Ахирал соназда меседалъ ва паротиталъ (свинка) унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гьелги рукӏана церего кӏочон тарал унтаби. Халкъалда гьоркьор тӏиритӏизарулел ругел батӏи-батӏиял харбал сабаблъун, цо-цояз прививкабаздаса инкар гьабизе байбихьана. Гьанжего гьанже прививка гьабураб лъимадаса прививка гьабичӏеб лъимаде унти бахине рес буго. Масала, полиомиелиталде данде прививка гьабурал тӏоцересел къоязда лъимадулъ букӏуна гьеб унтул инфекция. Гьелда данде къеркьолаго, щулалъулеб букӏуна лъимадул иммунитет. Лъимадуе прививка гьабурал къоязда гьеб, прививкаго гьабичӏеб лъимада аскӏобе биччани, прививка гьабичӏелде инфекция бахине рес буго. Гьединлъидал прививка гьабураб лъимер бугеб лъайкьеялъул идараялде прививка гьабичӏеб лъимер къабул гьабизе бегьуларо. Прививкабиян абуни гьаризе рес буго батӏи-батӏияб заманалъ, лъималазул ригьалъухъ балагьун, ай прививкабазул календаралда рекъон», — ан бицана тохтуралъ.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3837-raktsoyal-respublika-bakhun-k-vatiir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3837-raktsoyal-respublika-bakhun-k-vatiir", "title": "Ракьцоял республика бахун къватӏир", "date": "2019-02-26 10:40:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чӏухӏизе мустахӏикъав ракьцояв\nМосква шагьаралъул бищун лъикӏав тохтурги «Медицинаялъулаб идараялъул бищун лъикӏав нухмалъулевги»\nГьаб макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго Москваялда гӏумру гьабун вугев дагъистанияв, Россиялъул мустахӏикъав тохтур Исмагӏил Гӏусмановасул. Гъоркьиса гьесие Москваялъул мэр Сергей Собяниница кьуна «Москваялъул бищунго лъикӏав бетӏерав тохтур» абураб цӏарги дипломги.\nИсмагӏилил махщалие тӏадегӏанаб къиматги кьолаго, гьадин абуна Рималъул университеталъул профессор, тохтур, дагъистанияв Жалал Сагӏидбеговасги:\n— Дунялалда дир руго гӏемерал гьудулзаби-тохтурзаби. Гьезда гьоркьовги бищун лъикӏазул цояв ккола Исмагӏил. Гьесда лъала чанго батӏияб мацӏ. Гьесулъ гьечӏо гӏамал кӏодолъи, кидаго хӏадурав вуго кумекалъе вачӏине. Гьеб кинабго лъикӏабщиналде тӏадеги кӏудияб махщел буго гьесул гӏуцӏарухъан ва нухмалъулев хӏисабалдаги.\nИсмагӏил Гӏусманов — Москваялъул бетӏерав педиатр, Н. И. Пироговасул цӏаралда бугеб РНИМУялъул клиникаялъул директор, З. А. Башляевалъул цӏаралда бугеб ДГКБялъул бетӏерав тохтур, Бафаллоялда бугеб университеталъул госпиталалъул (США) Хӏурматияв профессор, Дагъистаналъул халкъияв тохтур. Гьавуна гьев Мелъелтӏа росулъ. Исмагӏилица кӏиго сон тӏубайдал, хъизан гочана Махӏачхъалаялде. Гьений эбел цӏализе лъугьана медучилищеялде. Школалда цӏалулев Исмагӏил гӏемер щолаан больницаялде эбелалъухъе, гьесие цӏакъ бокьулаан гьелъ унтарал сах гьурулел ругеб куцалъухъ балагьизе. Гьел лахӏзатазго бачӏана Исмагӏилихъе тохтурлъун вахъинин абураб анищги. Махӏачхъалаялъул №5 школа лъугӏарав гӏолилав цӏализе лъугьана Дагъмединституталъул педиатриялъул факультеталде. Гьелдаса хадув цӏалана РСФСРалъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул Москваялъул НИИялъул педиатриялъул ва лъималазул хирургиялъул аспирантураялда. 1988 соналда цӏунана медицинаялъул кандидатасул цӏаралъе диссертация. 1991 соналде щвезегӏан хӏалтӏана Дагъмединституталда доцентлъун. 1990 соналда цӏализе ана СШАялде. 1992 соналда лъугьана НИИялъул педиатриялъул докторантураялде ва 1996 соналда гьев вахъана медицинаялъул гӏелмабазул докторлъун. 2012 соналдаса байбихьун нухмалъи гьабулеб буго бищунго кӏудиязул цояблъун кколеб, Москва шагьаралъул лъималазул больницаялъе.\n— Исмагӏил, кӏиго соналъ шагьаралъул бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏараб гьеб хӏикматаб больницаялъул хӏакъалъулъ щай бицунареб?\n— Нижер больница ккола бищунго гӏолохъанаб ва бищунго лъикӏазул цоябги. Нижеца кӏудияб баркала кьола Москваялъул хӏукуматалъе больницаялъул коллективалъул хӏалтӏуе кьураб тӏадегӏанаб къиматалъухъ. Больницаялъул тохтурзабазги жидерго лъай борхизабула Италиялда, Гӏизраилалда, Германиялда, Чехиялда, Великобританиялда, Югалъулаб Кореялда. Нижехъеги рачӏуна цогидал улкабаздаса делегациял. Дагьал церегӏан нижеца къабул гьаруна Шри-Ланкаялдаса гьалбал. Жибго больницаялъул хӏакъалъулъ бицани, гьениб буго 810 лъимадуе бакӏ. Лъагӏалида жаниб медицинаялъулаб кумек щола 170 азарго лъимадуе. Тохтурзабазул гьоркьохъеб харж бахуна 150 азарго гъуршиде. Больницаялда хӏалтӏулеб буго РМАПОялъул 12 кафедра, Н.И. Пироговасул цӏаралда бугеб РНИМУЯлъул щуго кафедра, университетаталъул кӏиго клиника. Цоялъе нухмалъи дицагоги гьабула.\n— Мунги цӏалана Америкаялдаги ва Европаялъул цогидалги пачалихъаздаги. Гьениб щвараб лъаялдаса пайда босулищ жакъасеб дурго хӏалтӏуда?\n— Гьайгьай, босула. Амма ракӏбохула цогидал улкабазул клиникабаздаса къураб хӏалтӏи нилъер гьанибги гьечӏеблъи бихьидал. Ракӏчӏун абизе кӏола Москваялда гӏадаб лъималазул тӏалаб гьабулеб больница кибго гьечӏилан.\n— Исмагӏил, кинав вукӏине кколев унго-унгояв лъималазул тохтур?\n— Педиатр — гьев ккола цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏарав тохтур. Гьес хӏехьезе ккола лъимерги гьелъул гӏодиги, унтиги ва цогидаб гӏамалги. Унтарасдаги тохтурасдаги гьоркьоб бугеб бухьенлъун ккола больницаялда цӏолел анкетабиги. Гьениб унтараз хъваралда рекъон, кьола тохтурасул хӏалтӏуе къиматги. Гьенир ратарал бадирчӏваяздеги кӏвар кьола нижеца.\n— Россиялъул регионаздаса унтарал рачӏунищ нужехъе?\n— 30 процент лъималазул регионаздаса рачӏаразул букӏуна. Нижгоги гӏемер щола регионазде. Дагьал церегӏан руссана Магаданалдаса ва Камчаткаялдаса. Ахираб чанго соналъ больницаялъул тохтурзабазул кумек щвана щуазарго лъимералъе.\n— Нуж ккола «Медицинаялда волонтерал» абураб конкурсалъул лауреаталги. Больницаялда тӏоритӏулел цо-цо тадбиразул хӏакъалъулъги бицани бокьилаан.\n— Нижеца кидаго бухьен ккола унтарал лъималазул улбузулгун, гара-чӏварула гьелгун, гьабула бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏиги. Гьединго больницаялда хӏалтӏулеб буго лъимаде ругел яги заман щвелалде лъимал гьарурал улбузе школаги. Гьеб кинабгоги буго чӏобого гьабулеб иш. «Эбел-инсуе медицинаялъулаб кумек, гӏакълу» абураб рубрикаялда дунгоги чанго нухалда вахъана цеве. Гьенире ахӏула лъикӏаб лъай бугел тохтурзаби ва бицуна батӏи-батӏиял унтабазул хӏакъалъулъ. Гьединго тӏоритӏула рагьарал нуцӏбузул къоялги. Байрамазде дандеккезарун лъималазе кьола сайгъаталги.\n— Гьединал тадбираз квалквал гьабулищ тохтурасул аслияб хӏалтӏуе?\n— Гьелъул гӏаксалда, гьединал тадбираз коллектив дагьабги гъункараблъун гьабула. Дир хӏисабалда, кидаго лъималазул унтул ургъалида нижги ругони, гьезда кинха унти кӏоченеб. Гьединлъидал нижецаги хӏаракат бахъула гьезда жидерго унтаби кӏоченаризе ва гьезие гьими сайгъат гьабизе.\nНижеца больницаялда тӏобитӏулеб бищунго кӏудияб ва кӏвар бугезул цояблъун ккола санайил тӏоцебесеб июналда тӏобитӏулеб «Лъималазул сахлъиялъул ва хӏинкъигьечӏолъиялъул фестиваль». Гьеб заманалда тӏоритӏула машгьурал артистазул ва лъималазул къокъабазул концертал, хӏалтӏула лъималазул махщелчилъиялъул павильонал, махщелчилъиялъул мастер-классал. Гьединго байрам гӏуцӏараз лъималазе кьола сайгъаталги.\n— Нужер больницаялда кидаго рукӏуна хиса-басиял, цӏигьариял…\n— Битӏараб буго. Гьал къоязда рагьана медицинаялъул тӏадегӏанаб технологиялдалъун хьезабураб нейрохирургиялъулаб отделение. Гьединго цӏигьарурал лъималазе рагьана патологиялъулаб отделениеги.\n— 2017 соналда «Лъагӏалил менеджер» абураб Тӏолгороссиялъул конкурсалда дуца ккуна тӏоцебесеб бакӏ. 2018 соналда мун вахъана Москва шагьаралъул бищунго лъикӏав тохтурлъун, бергьана «Медицинаялъулаб идаралъул бищунго лъикӏав нухмалъулев» конкурсалда. Гьединго больница кӏиго соналъ рикӏкӏана бищунго лъикӏаблъун. Гьел киналго бергьенлъабазул балъголъи сундулъ бугеб?\n— Кинаб бугониги балъголъи гьечӏо гьениб. Гьеб буго 1500 тохтурасдаса гӏуцӏараб коллективалъул жавабчилъи цӏикӏкӏараб кӏудияб хӏалтӏул хӏасил. Кӏиабизеги, гьабулеб хӏалтӏи бокьи ва гъираялда гьаби.\n— Мун кколаха Москваялъул бетӏерав педиатрги, университеталда цебе бугеб педиатриялъул клиникаялъул директорги, педиатриялъул журналалъул бетӏерав редакторги, медицинаялъул батӏи-батӏиял цолъабазул ва гӏуцӏабазул членги. Дур аслияб хӏалтӏуе гьеб киналъуго квалквалгойищха букӏунареб?\n— Мун бицун божа, букӏунаро. Гьелъ тӏадеги гъира базабула хӏалтӏуде, махщелги жеги камил гьабула.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "3863-magiarul-otello", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3863-magiarul-otello", "title": "Магӏарул Отелло", "date": "2019-03-04 10:45:51", "categories": ["lit"], "text": "Басир Инусилов гьавуралдаса — 95 сон\nАна гъов гӏишкъугун «гъоб» гӏумруялде\nМагӏарул театралияб маданияталъул борхалъи. Гӏагараб росдал тӏадегӏанлъи. Росуцоязул чӏухӏи. Росдаде тӏаде ралагьун ругел чӏухӏарал мугӏрузул тӏогь. Гьединал, бищунго тӏадегӏанал рагӏабазе мустахӏикъав вуго нижер Басир, Россиялъул мустахӏикъав артист.\nРосдал хабзал. Гьениб буго Дагъистаналъул халкъияв артистасул хоб. Иргадулаб нухалда росулъе щварай дида ракӏалдеккана гьесул хабадеги яхине. Басирил цохӏо йигей яс Шумайсатилги дирги лъикӏаб гьоркьоблъи буго, чанги ккана бицен Басирил хӏакъалъулъги. Ахирисеб нухалда нижер гара-чӏвари щаялиго пашманаб букӏана. Гьелъ бицунаан жиндир цохӏо йигей яс Раисатица гьаб ахираб заманалда абулеб бугила жиндие хоб кӏудадада аскӏоб Тӏанусиб бокьилилан. Долдаса нахъе гӏемер заман инчӏо. Шумайсатихъа гӏасияб гӏажалалъ яхъун ана рекӏел тӏегь. Ва тӏубана Раисатил ахирисеб анищ- абадияб макьугун гьей кьижун йиго машгьурав кӏудадада аскӏой. Гьединал пашманал пикрабазулъ йигей дихъе, кидаго гӏадин, рещтӏана магӏуги. Вуго Шумайсатил цо васги. Басирил вас Мухӏамадица гӏумру гьабулеб буго Саратов шагьаралда. Кӏиабилеб — вас Шамилги гӏолохъанго ватӏалъана гӏумруялдаса.\nГьенибго ракӏалдещвана дида Басирил вац Гӏалиасхӏабги. Гьев хӏалтӏулев вукӏана росдал парторганизациялъул секретарьлъун. Гӏемер ахӏулаан гьев школалде цӏалдохъабигун дандчӏвазе. Амма Басирил хӏакъалъулъ гьикъидал, гьесул гьурмадасан чвахун бачӏунаан цӏамхӏалаб магӏу. Жакъа бичӏчӏулеб буго гьеб магӏуялъул бакӏлъи. Хабзалалъа тӏадюссунелъулги, дида рагӏулеб бугин кколаан кӏудияв шагӏирасул рекӏел бухӏилъун лъугьараб: «Дуца гьабураб щиб, гӏагарав Басир?» — абураб гьаракь.\nГӏагаравлъун хутӏана гьев гьесда цадахъ хӏалтӏарал Магӏарул театралъул хӏалтӏухъабазеги, росуцоязеги, гьудул-гьалмагълъиялъеги.\nРакӏалда буго чанго соналъ цебе Буйнакск шагьаралда Магӏарул театралъул нухмалъиялъги артистазги Басир ракӏалдещвезавиялъул тадбир тӏобитӏараб къо. Гьеб къоялъги рохалидаса гӏемераб магӏу букӏана гьениб. Махӏмуд Гӏабдулхаликъовасул магӏуги ракӏалда буго дида. Хӏалхьолеб букӏинчӏо гьесул, гьалмагъасул хӏакъалъулъ бицун.\nГьадин хъвалеб буго Басир Инусиловасул хӏакъалъулъ макъалаялда Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас:\n— Магӏарул театралъул коллективалъ рагӏи кьолеб буго гьесул музей гӏадаб бокӏон гӏуцӏизе, гьениб гьесул гӏумру ва хӏалтӏи бихьизабулел материалал лъезе. Хунзахъ росулъ балеб бугеб Культураялъул рукъалъе Басир Инусиловасул цӏар кьезе. Артист гьавураб рукъалъул къеда — Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъ — мемориалияб хъарщи лъезе. Амма жеги гьел къасдал хутӏана къасдаллъун», — илан.\nЩиб лъалеб, бачӏинеб батила Басир Инусиловасул гӏагараб росулъ цӏияб клубги бан, гьелъиегӏаги машгьурав ва халкъалъ къабул гьавураб артистасул цӏар кьолеб заман…\nШамай Хъазанбиева\nБасирил хӏакъалъулъ\nМахӏмуд Гӏабдулхаликъов: «Магӏарулазул Отелло», — ян абулаан гьев гьунар тӏокӏав артистасда. Басир Инусилов вукӏана ракӏ гӏатӏидав, гьудул-гьалмагълъи хирияв. Махсара-хочӏ гӏемерав, унго-унгоги теат-ралъе вижарав магӏарулав.\nГьитӏинабго Тӏануси росдал мискинабго хъизамалда жанив гӏун вачӏарав гӏолилас жиндирго къисмат бухьинабуна Магӏарул театралда. Къолохъанлъиялдасан байбихьана Басирица тӏоцебе жиндирго гьунар. Гьев гьунаралде вачана кӏвахӏ гьечӏеб захӏ-маталъ.\nАртистас тӏоцере сценаялда хӏарал ролаздаса цояб ккола Цӏадаса Хӏамзатил «Базалаялда» рекъав Дадучил роль. Басирил Дадуч вукӏана гӏадатияв, хӏеренав, махсара-хочӏал гьарзаяв, ракӏгӏатӏидав магӏарулав. Рагъул заманалъ магӏарул халкъалда бихьизабураб гьеб сипаталъухъ артист мустахӏикълъана ДАССРалъул Президиумалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.\nКватӏичӏого Басир ана жиндиего бокьун Ватӏанияб рагъде. Тӏадаб налъиги ракӏбацӏцӏадго тӏубан, цӏидасан тӏаделъана жиндиего бокьулеб хӏалтӏуде. Театралда хӏалтӏулагоги араб 25 соналда жаниб Басирил цевевахъин магӏарулазе хутӏана бечедаб, гьунаразул хазиналъун. Шекспирил «Отелло» Басир Инусиловас хӏалеб мехалъ, халгьабулезда ракӏалде кколаан унго-унгояв мавр вугин сценаялда вихьулеван. Лахӏчӏегӏераб гьумер-кӏалалъулъ кенчӏолел гӏатӏидал беразги, гӏазугӏан хъахӏаб ца-кӏалалъги, неграсул кьер бугеб гъеж-квералъги бицунеб букӏана артистасул цохӏо хӏаялъе гуребги, грим гьабизеги бугеб махщалил.\nБасирил кӏудияб гьунар букӏана классикиял ролал хӏазе. Артистас махщалида хӏана Гоголил «Ригьиналда» Подкалесин, Гольдонил «Мекъал гӏадамазда» гогьав Лунардо, Гильорме Фигейредол «Эзоаалда» Эзоп (лагъ), Моляровскиясул «Гӏажаибаб хазинаялда» хъантӏарав Гальссан.\nР. Хӏамзатовасул «Магӏарулай» пьесаялда хӏараб Гӏалил сипат ккана артистасул бищунго тӏадегӏанаб даражаялде гьес тӏамураб галилъун. Жеги ДАССРалъул халкъияв артистасул цӏаралъе мустахӏикълъун гьоркьоб лъабго моцӏ иналдего, Гӏалил роль бергьенлъиялда хӏаралъухъ Басир мустахӏикълъана «РСФСРалъул мустахӏикъав артист» абураб цӏаралъеги.\nХӏ. Заловасул «Хӏасратай кочӏохъаналда» Басир цеве вахъуна гурхӏел-цӏоб гьечӏев наиб Ахӏмадил сипаталда. Цӏакъго лъикӏ ккараздасан цояблъун рикӏкӏине бегьула Басир Инусиловас хӏараб наиб Ахӏмадил сипат. Артистасухъа бажарана кӏиго революциялда гьоркьоб заманалъ рукӏарал пачаясул чиновниказул хӏинкъиги хӏинкъиялъ бижизабураб хъачӏлъиги наибасул сипаталда балагьарал божулехъин бихьизабизе.\nЖиндирго гьунар камиллъулеб ригьалда нахъасан тохлъукьего речӏчӏулеб гьве гӏадаб гӏажалалъул квачӏикье ккана гьев.\nГӏумруялъухъ бищун гӏашикъаб мехалда къотӏана артистасул гьайбатаб гьаракь. Амма нахъе хутӏана гьесул гьунарги, цӏарги, гьайбатал сипаталги».\nХӏусен Казиев: «Дун хӏалтӏана Басир Инусиловасул гьалмагъзабазда цадахъ. Гьезда цӏакъ лъикӏ лъалаан Басирил гьунар-махщел, гӏамал-тӏабигӏат. Артистаз къанагӏат гурого реццуларо жидерго гьалмагъзаби, амма гӏумруялдаги сценаялдаги цадахъ рукӏарал гьалмагъзабаз лъикӏаб ва берцинаб гуреб рагӏи бицунароан, Басир Инусиловасул хӏакъалъулъ хабар ккедал. Гьединлъидал дица гӏемерал суалал кьолаан доб мехалъ Басиргун хӏалтӏулел рукӏарал артистазе: М. Гӏабдулхаликъовасе, П. Хизроевалъе, Гӏ. Къурбановалъе, С. Мажидовалъе ва цогидазе. Гӏажаибго берцинго бицунаан гьев гьунар тӏокӏав артистасул хӏакъалъулъ.\nТеатралда хӏалтӏулел гӏадамал Басирица рикӏкӏунаан жиндирго вацаллъунги яцаллъунги. Магӏарул театр букӏана Хунзахъ. 15 сон барав Тӏанусиса гӏолилав Басир Инусилов вачӏана театралде. Махщел букӏана къали кьабизе. Театр росулъе бачӏин лъазабизе зурма-къолол гьаракь бахъине гьабулаан доб заманалъ. Гьитӏинал цо акталъул спектаклязда гьитӏинал ролал хӏалаан, хадур гьарулел концертазда къали чӏвазе кколаан. Кьураб роль щибго инкар гьабичӏого хӏалаан. Жиндида дандекколеб букӏа, кколареб букӏа, гьитӏинав чиясул, херасул, махсарадул, гӏамал мекъав хӏалихьатил батӏалъи гьечӏого хӏалаан. Бихьулеб букӏана гӏолиласе театр бокьулеб букӏин ва гьесул гьунар бугев артист вахъине рес букӏин. Басир санагӏалъи кканщинахъе сценаялде вахъунаан. Артистасул махщалихъ рокьи ккарав гӏолиласул рохалие гӏорхъи букӏунароан кодобе роль щвараб мехалъ. Тӏоцересел гьесул ролал руго «Любовь Яровая» спектаклялда – письмоносец, Цӏ. Хӏамзатил «Базалай» спектаклялда – Дадуч.\n1943 соналда жиндиего бокьун гӏарзаги хъван, Басир уна фронталде. Намус бацӏцӏадго тӏадаб налъиги тӏубан, 1949 соналда Басир Дагъистаналде тӏадвуссуна ва цӏидасан жиндие бокьулеб хӏалтӏуде тӏаделъула. «Гьесул гӏамал-хасият, гӏумру – кинабго хурхараб букӏана театралда. Гьесие бокьулаан театр ва гьеб букӏана гьесие аслияб иш, хъулухъ гьабулаан театралъе ва кинабго къуватги театралъе кьолаан». Гьедин хъван буго гӏемераб заманалъ магӏарулазул театралъе нухмалъи гьабурав режиссер Павел Васильевич Джапаридзеца.\nГӏолохъанав артистас махщалида ва гӏищкъуялда хӏарал чӏахӏиял, жавабиял, захӏматал ролаз бихьизабула тӏабигӏаталъ гьесие кьураб гьунар ва хӏалтӏуде гьесул бугеб кӏудияб гъира.\nГьедин букӏана, А. Островскиясул «Гӏайиб гьечӏониги гӏайибиял» абураб спектаклялда Дудукинил роль кьураб мехалъ. Байбихьуда гӏемерго захӏмат букӏуна Басирие, амма тӏадчӏараб хӏалтӏиялъ букӏине кколеб даражаялда хӏала Дудукинил сипат.\nБасирица хӏарал тӏоцересел ролазда гъорлъ буго Цӏ. Хӏамзатил «Базалай» спектаклялдаса Дадучил роль. Гьев ракӏ-\nгӏатӏидав, махсара гӏемерав, гӏадатияв магӏаруласул роль хӏаралъухъ Басир мустахӏикълъула ДАССРалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.\nА. Корнейчукил «Хӏикматаб рохь» абураб пьесаялда Инусиловасухъе кьола аслияб роль – гӏолохъанав, сахаватав, рокьул къимат гьабизе лъалев Ветровоясул сипат.\nБ. Инусилов вукӏана гъваридаб магӏнаялъул, кӏудиял къасдазул, жинцаго тӏасабищараб пишаялъухъ рокьи ккарав инсан.\nГьесул сценаялъулаб гьунар ролалдаса ролалде цебетӏолеб ва борхалъуде бахунеб букӏана. Дунялалъул бищунго кӏудиял драматургиялъулал асаразда щолеб букӏана артистасе жиндирго гьунаралъул борхалъуде вахине нух. Ф. Шиллерил «Рокьи ва къисас» абураб спектаклялда Басирихъе кьола Миллерил – Луизал инсул роль. Жиндирго гӏолохъанлъиялъухъ балагьичӏого, божуледухъ, магӏнаялда, гӏумруялда гӏадин хӏараб гьеб роль балагьарал гӏадамазеги гьединго данде хӏалел актеразеги кутакалда бокьана. Театралъул хабар бицунелъул, Басир мукӏурлъулаан театр тун батӏияб бакӏалда жиндида жиндир гӏумру цебечӏезабизе кӏоларилан. Доб заманалъ Басирида цадахъ театралда хӏалтӏулей йикӏарай Россиялъул халкъияй артистка Сидрат Мажидовалъ бицана: «Дун театралде ячӏана школалдаса цӏалун яхъиналдего. Басирица дир жиндирго яцалъул гӏадин тӏалаб гьабуна, сундуего кумекги гьабуна. Дидаго нахъасан вахъине чи щварай дунги гьелдаса йохун, рекӏелъе чӏухӏи бачӏун, бигьаго гъорлъ йосана коллективалда. Басир гӏадин жиндаго тӏад хӏалтӏулев артист вукӏинчӏилан абизе бегьула. Гьесул тӏокӏаб батӏиял пикраби рукӏунароан. Спектакль байбихьилалде цебе дове кулисазде нахъеги ун, жиндирго рагӏаби цӏалулев, гьениб репетиция гьабулев вукӏунаан. Цо нухалъ, дун театралъул гӏумрудул щибго жо бичӏчӏуларей гӏадан, дир гӏакълу гьечӏолъи букӏун батиларищха, гурони дица гьединаб жо гьабилароан, аскӏоеги ун, кӏалъан, гьесие махсара гьабуна. Гьес абуна: «Дацил яс, дацие квалквал гьабуге, мун цодагьаб мехалъ доегӏан а, хадув дунго кӏалъала дуда», — ян. Гьедин спектакль байбихьилалде хӏадурлъун гурони, цеве вахъунароан, жиндаго тӏад хӏалтӏулаан», — илан.\n1952 соналда Н. В. Гоголь хваралдаса 100 сон тӏубаялде Магӏарул театралъ босула «Ригьин» абулеб пьеса. Басир Инусиловасухъе кьола Яичницал роль. Цӏакъ хӏаракаталда, гъира — шавкъалда унел рукӏана гьесул репетициял. Циндаго, премьера хӏазе заман щвараб гӏужалда, спектаклялъул\nбагьадур Подколесин хӏалев артист теат-ралдаса нахъе уна. Режиссер П. В. Джапаридзеца гьеб роль кьола Басирихъе. Сордо — къоялда жаниб 3-4 сагӏаталъ гурони кьижичӏого, Басирица гьеб ролалъул рагӏаби лъазарула, жиндирго багьадурулги гьесда сверухъ ругезулги гӏамал-хасият лъазабула ва цӏараб заманалъ премьера хӏазе цеве вахъуна. Гьединав артист — хӏалтӏухъан вукӏана Басир Инусилов.\nБасир Инусиловасда цадахъ хӏалтӏарав РСФСРалъул халкъияв артист Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас ракӏалдещвеязулъ хъвалеб буго: «Басир Инусилов вукӏана унго-унголъунги артистлъиялъе вижарав чи. Театр жиндиего бокьун гурони, живго театралъе вокьиялъе гӏоло гьес киданиги хӏаракат бахъулароан. Репетициялъе заманалда гьелда хурхинчӏеб хабар цо лъицаниги гьоркьоб речӏчӏизабуни, Инусиловасе гьеб букӏана цо кинабалиго вахӏшилъи ва хӏакъирлъи. Инусиловасул гьунаралъе бищунго хасиятаб жо букӏана хӏалбихьи ва кӏвахӏ гьечӏеб захӏмат. Гьев хӏалтӏулаан цохӏо сценаялда гуревги, репетицияздаги, гьоболлъухъги, гьудулзабазухъги. Цониги сагӏат гьес гӏадада биччалароан, жиндирго багьадурасул сипаталъул пикраби гьаричӏого. Басирица гӏумруялда жиндирго бихьанщинаб, рагӏарабщинаб, лъарабщинаб – кинабго данде гьабун, пикрабазул хӏасил сценаялде босулаан. Гьеле гьелъулъ букӏана гьунар тӏокӏав артист Инусилов Басирил махщалил бечелъи».\nГӏамал-тӏабигӏат гьайбатав чи живго вукӏиналъ гьесие бигьаго букӏунаан сахаватал гӏадамазул ролал хӏазе, кигӏан жиндир гӏамалалде дандекколарел рукӏаниги, хӏалихьатал гӏадамазул ролалги Басирица инкар гьабичӏого хӏана. «Гӏажаибаб хазина» абураб маргьа-спектаклялда Басирица хӏана аслияблъун кколеб Галсанил роль. Гьес хӏараб гьеб роль буго маргьадалъ букӏунеб сатира. Гьев вукӏана батӏи-батӏияв: гӏамал кӏудиявги, хӏелхӏедулевги, ццидалавги, къарумлъиялда гъорлъ вуцун гьавуравги. Балагьаразда цебе артистас чӏезавулаан гьерсилал, ракӏ хъубал ва хӏалихьатал гӏадамазул вакил. Басирица гӏадамазул гӏунгутӏаби рагьун, балагьаразда цере тӏиритӏулаан, гьезда тӏад гурхӏел тун велъулаан ва релъизе тӏамулаан. Гьединаб букӏана К. Гольдонил «Гьагал гӏадамал» абураб спектаклялда къарумав ва хъачӏав Лунардол сипатги. Кӏудияб ва бергьараб хӏалтӏи гьабуна Басирица А. С. Пушкинил «Циганал» абураб спектаклялда херав циган хӏалелъул. Гьединавлъун цевечӏезавулаан гьесда цадахъ хӏалтӏарай РСФСРалъул халкъияй артистка Патӏимат Хизроевалъ Басирица хӏараб гьев херав циганасул сипат. «Хварай ясалъул – Земфирал жаназаялда цеве чӏун вугев циганасул пашманал беразулъ бихьулеб букӏана бицун хӏалкӏолареб инсанасул пашманлъи, гъваридго рекӏелъ лъураб ругъун, гьесие бугеб къварилъи. Рагӏиго гьечӏеб, вуцӏцӏунчӏеялъулъ бихьулеб букӏана инсуда чӏун бугеб къо».\nБищун кӏудияб бергьенлъилъун букӏана У. Шекспирил «Отелло» спектаклялда Отеллол роль. Басирица репетициял гьарилалдего байбихьула ролалда тӏад ургъизе ва хӏалтӏизе. Дов кӏудияб къаркъалаялъул Отелло хӏалеб букӏана гьитӏинаб черхалъул, гьединав багьадурасда кӏудияб релълъенго гьечӏев Басирица. Гьединал гӏунгутӏаби Басирица жиндирго актерасулаб гьунаралъ кӏочон тезе гьаруна балагьаразда. Гьеб ролалдаса хадуб Басирида абула магӏарулазул Отелло вугин гьевилан. «Отелло» спектаклялда гӏахьаллъулел рукӏана театралъул бищунго лъикӏал артистал: М. Гӏабдулхаликъов — Яго, П. Хизроева – Дездемона,\nЗ. Набиева – Эмиля, Гӏ. Къурбанова – Бианки ва цогидал гьанжего гьанже ГИТИС лъугӏун рачӏарал гӏолохъанал артисталги. Гьеб спектаклялда бищунго аслияблъун кколеб квербацӏцӏалъулгун сцена Басирица кутакалда берцинго хӏала. Дездемонахъго валагьичӏого, гьес квер ккола гьелда цебе квербацӏцӏ жиндихъе кьеян абураб магӏнаялда. Квербацӏцӏ кодобе щун вохиялъ, квербацӏцӏ ккураб квер данде къала. Цо параялдасан, жиндир кверзукь батӏияб квербацӏцӏ букӏин лъайгун, гьесул би гьалаглъула. Рагӏи абичӏого, бераз чи чӏвалеб хӏалалъ суал кьола Дездемонае. Лъавудаса арав чи гӏадин сородизе лъугьуна. Хадусеб параялъ заралгун тӏаде вортула гьелде. Рекӏел кӏудияб къварилъиги къине гьабун, лъукъараб жанаваралъ гӏадин, хъирараб гьаракьалъ хӏалица абула: «Тӏагӏа дир берзукьа!» — ян ва хехго нахъе уна цо кӏудияб балагь жиндицаго\nгьабилалде.\nЦадахъ хӏалтӏараз жакъаги бицуна, бихьулеб къоялде вачӏинчӏого, Басир хӏалев вукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ. Болъодаса эхеде, эхеве гиргидун, Басирил черх спектаклялдаса хадуб хъахӏиллъун букӏунеб букӏараб куц, гӏумруялда гӏадин, Отеллол къварилъи жиндирго чорхолъе биччалеб букӏараб куц.\nБалагьаразда бихьана Б. Инусиловасул гьунаралъул борхалъи. Премьера хӏана 1955 соналъул 17 декабралда. Москваялдаса бачӏун букӏана театроведазул кӏудияб къокъа «Отелло» спектакль къабул гьабизе. Магӏарул театралда гьеб спектакль бихьараз абулеб букӏана гьадинаб щвалде щвараб хӏалтӏи театралда жеги букӏинчӏилан. Гьай-\nгьай, гьениб цӏикӏкӏарасеб бутӏа лъун бу-кӏана Басир Инусиловас. Хадусел хӏалтӏаби Басирил рукӏана З. Гӏалихановасул «Мугӏрузул Гӏалиялда» – Гӏумар, В. Розовасул «Сагӏат лъикӏаб батагиялда» – Алексей, Хӏ. Заловасул «Хӏасратай кочӏохъаналда» – Наиб Ахӏмад.\n1960 соналда Москваялда тӏобитӏараб Дагъистаналъул литератураялъулгун искусствоялъул декадаялда Магӏарул театралъ бихьизабураб «Магӏарулай» спектаклялда Б. Инусилов москваялъулазда цеве вахъана Асиятил эмен Гӏалил ролалда. Гӏемерал берцинал рагӏаби хъвана критиказ газетазда ва журналазда Басирица хӏараб Гӏалил сипаталъул хӏакъалъулъ. Гьеб роль хӏаралъухъ, РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалда рекъон, Басир Инусиловасе кьуна «РСФСРалъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар.\nТӏадегӏанаб даражаялъул артист жиндир гьунар цӏураб гӏужалда, 39 сонилаб гӏумруялда, Аллагьасул къадаралде щола. Хвана нагагьаб балагьалдалъун. Расул Хӏамзатовас Инусилов Басир хведал хъвана:\nДуца гьабураб щиб, гӏагарав Басир,\nГьедин гӏасияб роль щай дуца хӏараб?\nВахъа мун къаникьа – къаси театр\nДухъ балагьун бугин, — те гьеб махсара!…\nГрим бахинчӏого, жиндирго ратӏлилъ\nВатӏалъана Басир, суфлер гьечӏого.\nКъана гӏумруялъул чӏегӏераб пардав\nГьалдолел соназул магӏаруласде…"}
{"slug": "3864-balagab-rogalil-giuzh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3864-balagab-rogalil-giuzh", "title": "Балагьаб рогьалил гӏуж", "date": "2019-03-04 10:59:19", "categories": ["rel"], "text": "2019 соналъул февралалда 98 сон тӏубана багӏар армиялъулаз, балъго тӏадеги кӏанцӏун, Гиничукь росу бухӏаралдаса.\nГьеб балагь нижер гьитӏинабго росдаде бачӏиналъул хӏакъалъулъ бицуна росдал харабаз\n1921 соналъул авалалда Гӏарани хъалаялде рачӏун рукӏана тӏадмагӏарухъги советияб низам щулалъизабиялъе гӏоло рагъизе «гъеж гурарал» багӏараб армиялъулал. Ракъуца малъкъосарал Астрахань ва Царицын губерниязул гӏадамаздаса данде гьабураб 14 ва 32-абилел дивизиязул кьвагьдохъабаздаса, Москваялъул курсантазул 2 бригадаялдаса гӏуцӏараб «ударная группаян» цӏар лъураб гьеб Багӏараб Армиялъул часталъул командирлъун вукӏана А. А. Тодорский, комиссарлъун вукӏана Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель Нажмудин (Эфендиев) Самурский. Ракъиялъ хӏамузулгицин гьан квине ккарал гьел рагъухъабазе кванил сурсатаздалъун кумек гьабизе кколеб букӏун буго, бокьаниги бокьичӏониги, гинчадерица. Цӏияб низамалдеги ру-ссун, Гиничукь гӏуцӏун букӏун буго росдал Советги, вищун вукӏун вуго Советалъул председательги. Гьединаб гьоркьоблъиялда багӏараб армиялъулаз росулъ гӏуцӏун букӏун буго цо пост, аскӏоб бугеб Тӏануси росулъ ругел Хӏоцоса Нажмудинилаздаса жалго цӏунизе.\nЦӏорораб хасалил халатаб сордо гӏемерисезе ахирисеб букӏин лъаларел гинчал макьидаса рорчӏизарула, рогьалил как ахӏулев росдал будунасул гьаракьги гьоркьоб къинабун, цо-цо авалалда рихъулел багӏаразул гӏарадабазул гумпарабазул гьаркьаз. Рихха-хочун рагъабазде кӏанцӏарал гинчал гӏужие гъун чӏвазе байбихьула росда цебе магъилъ чанго кьер гьабун чӏарал багӏаразул кьвагьдохъабаз. Гинчадерил росу буго къилбаялде балагьараб лабаллъиялда. Дагь-дагьккун тӏаде къан солдатазул горалъ росу сверун ккола. Цере ратарал рукъзабахъе жанире кӏанцӏун, гӏадамал чӏвазе байбихьула. «Дир доб мехалда 8–9 сон букӏана, – ян бицуна Исбагьиев Мухӏамадица. – Жеги тӏубан хъахӏлъи рехун букӏинчӏо. Рагьун къелълъ кьабана нижер нуцӏа. Нуцӏихъан бихьана кӏиго чиясул сурат-рагӏад. Сас рагӏа-рагӏаралъур речӏчӏулел рукӏана гьез тункӏал. Киниялда вукӏарав дир гьитӏинав вац гӏодизе лъугьана, ва эбел гьесда аскӏое йортун ана. Дун хӏинкъун, сихӏкъотӏун бусадаго чӏун вукӏана. Солдатал аралго, кӏудияв инсуца, иргаялда цӏарал ахӏун, цӏехолеб букӏана нижер бугеб хӏал. Гъосда канлъи бихьулароан. Эбелалъ жаваб кьолеб букӏинчӏо. Кӏудияв эмен, хадуб бехъерхъун бохгун, кини бугеб рахъалде хъурщулев вукӏана. Эбелалъул хӏухьел-махӏ лъугӏун батана. Керен борлъун бугоан гьелъул. Кӏудияв инсуца «Ясин» цӏалулеб букӏана. Тӏадруссунги рачӏун, солдатаз гьесдаги туманкӏ речӏчӏана ва хун вугищали бихьизе тункӏил хечги хӏунсана».\nРосулъго чӏваразулги 80 метр борхалъи бугеб Цӏолбокь чвахукье чӏагого рехаразулги къадар 71 чиясде бахана. Жиндирго рокъов, тӏад цӏаги гъун, чӏагого вухӏана росдал Советалъул председатель Исмагӏилил Мухӏамад. Цояб чакма ретӏун, цояб ретӏинегӏан течӏого, гӏазуги мерхьунаго, Гӏарани хъаладухъеги вачун, чӏагого Цӏолбокье рехана 61 сон барав Бацӏхӏатӏил Хӏасанги, гьеб сордоялъ Шураса эхеде щун вукӏарав 18 сон барав гьесул вас Мухӏамадги. Гьезулго гӏадаб къисмат ккана Цӏира Хӏажиясулги ва Чӏондокьа Гъазиясулги. Чӏваразда гъорлъ рукӏана какикьжоялдаса рахъун бажаруларел харабиги, битӏун завалалда хъизам-лъималгун яшав гьабулел рукӏарал гьоркьохъеб гӏумруялъул бихьиналги, руччабиги, жеги михъида хӏур чӏвачӏел гӏолил васалги.\nГьезул цоял чӏвала улбузда, яцазда, руччабазда цере, цо-цоял рихьдаего, цӏаруего росда цебе гьоцӏабахъ хвалчаца къотӏ-къотӏула ва хучдуз рорлъ-рорлъула. Солдатаз жидерго рокъор чӏвана 97 сон барав Цӏарберцин Хӏажи, 89 сон барав Гӏабдусалам, 74 сон барав Алмасил Мухӏамадхӏажи, 69 сон барав Алмасил Шамхал, гьесул васал Нажмудин, Гӏумар, Басир, жив вижаралдаса бакъул нур бихьичӏев беццав Пирбудагъил Хӏасан ва цогидалги.\nЧӏваразда гъорлъ рукӏана багӏаразе хъулухъалда Гӏарани хъаладухъ рукӏарал гинчадерил гӏолохъабазул эмен, вац ва вакьад. Мунагьал чураяв багӏарав партизан Хӏайбулаев Зубайирица бицунаан: «Чӏван дир эменгун, вацгун, хъун кӏиго нижер оцгун, нуцӏа-гордал рахъун, цӏадаб гьебги лъун, саргъасазухъ гьан бежулел, гьеб кунел ратана рокъове щведал солдатал». Пенсионер Гъазиев Гӏабдулманапица хъвалеб буго жиндирго ракӏалдещвеялда: «Дир имгӏал, багӏарав партизан Шамхалов Хӏайбулаца ва вацгӏал Мухӏамаев Абсалудиница бицунаан: росулъ ругел эбел-инсул ва гӏагарлъиялъул ургъелалъ рахӏатхун комиссар Нажмудин Самурскиясухъе индал, гьес абун буго нужер росулъ гьечӏин гӏайиб гьечӏел, гьел киналго чӏвазе кколин».\nЛъабабилеб къоялъ, радал гӏакӏаги ахӏун, лъазабула росу бухӏизе бугин, гьебги рехун тун, лъималги рачун, руччаби Бакьайичӏире ралагьун къватӏире рахъаян.\nМунагьал чураяй дир эбел Мухӏамаева – Гӏалибегова Патӏиматица бицунаан: «Лъабабилеб къоялъ нижер рокъоре рачӏана кӏиго солдатги цо офицерги. Эбел цӏакъ рахӏатхун лъугьана. Ботӏродаса чохтӏоги бахъун, ахӏичӏого рачӏарал гьалбадеридехунги юссун, вас живго теян гьарделей йикӏана. Офицерас хвалчаца ишанги гьабун вац Хӏасанулбасирида бичӏчӏизабуна рагъидул чӏалуялда квер хъваян. Ункъо-щуго галиялъ довегӏанги ун, векерун гӏадинги вачӏун, эхедеги кӏанцӏун, рагъидул чӏалуялда квер кӏутӏана гьес. Нижер кавуялдаса чанго галиялъ гъоркьегӏанги вачун чӏвана дир вац. 14 сонцин букӏинчӏо гьесул. Росулъа къватӏире гъолелъул, дир яц Субайбатил хӏукму-хӏал лъазеян, хинаб ретӏелги ретӏун (цӏакъ квачараб къо букӏана гьеб), яцалъул рос Цӏарберцинил Къебедил рукъ бугеб бакӏалдехун ячана дун эбелалъ. Солдатаз гӏадамазул рукъзабахъа къватӏире раччулел рукӏана бакъвараб гьанал къулагӏаби, цӏураб гьанал бакьал, нахул хъуби. Субайбатилги рукъ талавур гьабулел ругоан солдатал. Къвалакь хьалбалги ккун, кавудахъа къватӏиве вачӏунев цояв, «вашу матиланги» абун, нижги тункун рехизарун, векерун ана. Чӏван ратана гьелъул рос Къебед ва вакьад Хӏажияв. Субайбат ятана хӏатӏида гӏицӏго, цохӏо гордилъ, каранде къан кӏазилъ жемун лъимергун, азбаралда гӏаздатӏа чӏезаюн. Ресалда ругел хъизан-рукъалде тӏаде ккедал, гьедин тӏалаб гьабулеб букӏун буго солдатаз гӏарац-месед. Кӏиго анкьидасан хвана Субайбат, кӏиго моцӏ барай гьелъул яс Хӏалиматги ятимлъун хутӏана».\nГьаб пашманаб хабар бицун чанги гӏодана дие хӏалимай, хӏеренай, рухӏалабазги унтабазги гӏемер кӏвекӏарай, къисматалъул кьогӏлъи лъиего бикьичӏого къулчӏарай дир эбел. Большевиказ лъутӏараб доб «гражданазулилан» цӏар лъураб рагъалъ къурбан гьаруна гьелъул лъабавго вацги цохӏо йикӏарай яцги. Доб мехалъ гьелъул букӏана 11 сон. Мухӏамадхӏажиясул Айзалъ бицунаан: «Росулъа унелъул, къотӏноб нижеда батана бидулъ белъараб, куц-мухъ лъаларедухъ пасат гьабураб цо гӏолохъанчиясул жаназа. Гӏолохъанчиясул эбелалде магӏил рагӏабиги абулаго, доегӏан щун йикӏарай эбел кьурун нахъюссун ана. Гӏасияб гьаракьги гьабун, доб жаназаялда тӏад гӏодой ккана гьей. Дов гӏолохъанчи вукӏун вуго дир вац, гьелъул вас.\nУлбузда цадахъ Бакьайичӏире унелъул, «Гьоркьоб гӏурдаллъи» абулеб бакӏалда, улбузда ва яцазда цере ратӏаги гъарун чӏвана. 14-15 сон баразул лъабгояв».\n«Росу тун унелъул, эмен гьечӏого жинцаго гӏезабураб цохӏого цо бугеб лъимер чӏаго хутӏизеян, эбелалъ васасда ретӏун букӏун буго руччабазул ретӏел.\nКӏиго бакӏалда халгьабулездасаги рорчӏун, лъабабилелде щведал, офицерасда лъараб куц буго гъосул руччабазул гуреб рилълъин. Офицерас цо чанго галиялъ довегӏанги вачун, гьесул кӏаз нахъе чӏвазабула ва керен цебе лъезабула, цинги хьвагӏараб жоялъ гьесул щекъер къотӏула. Жеги хӏакъикъат бичӏчӏичӏеб, михъида хӏур хъвачӏеб гьесул гьумер эбелалъухъги балагьун гьимулеб гӏадинги букӏун, щапун гӏодоб ккана», – ян бицунаан дир эбелалъ.\nГӏарани хъалаялъул хӏакимзабаз анкьидасан изну кьуна къурбанлъарал гинчал рукъизе. Гӏаммаб хоб бухъунги, хабалазул къадал риххизарун, кьучӏал рахъун, гьел гьенир чуричӏого, жидерго ратӏлилъ рукъула. Гьедин рукъулеб гӏадат буго бусурбабаз гъазизаби. Цӏолбокь чвахукье кьурулъа гъоркье рехаралги гьенирго рукъула. Мунагьал чураяй Зубайрил Рукъигатица бицунаан: «Санагӏалъи бугеб бакӏалдасан хабзалазул къедги бичун гӏицӏал квераз цӏорораб ракь бикӏун, бидухъ ран килщалгун гьабуна эмен вукъизе гвенд. Дун йикӏана нижер\nхъизамалъул хутӏаразул бищун кӏудияй. Дирги букӏана 14 сон. Ниж лъабазго къилбаялдеги буссинабун лъуна инсул жаназа гвандиниб. Цӏорораб жаназаялъул гӏебеде битӏахъе хутӏараб гъеж ракьулъ букъун чӏоларого бихьараб къо кидаго кӏоченаро. Чанцӏулго квераз хачан ракь тӏаде бачаниги, ракьулъ чӏолеб букӏинчӏо гьеб, ракьулъа къватӏибе бахъунги бачӏун, эхетун чӏолаан. Хӏинкъун карабиххун гӏодулел гӏисинал яцалги вацги карандеги къан, гӏодилей йикӏана дун».\nЛъабго моцӏидасан багӏараз гинчадерие изну кьуна росулъе тӏадруссине. Узданаб росу сверизабун батула бухӏараб чӏваданалде. Багӏараб армиялъулаз росдал гӏадамазул кинабго бечелъи: гӏи-боцӏи, рокъоб букӏарабщинаб къайи-къоно, мажгит цӏун гӏодортӏамун рукӏарал цӏухби (сумахъал), давагьин-салмаг, жеги гьоцӏабахъ рукӏарал лал тӏамичӏого хутӏарал гӏаралгицин сум течӏого ун батула. Ракъуца, къварилъиялъ къвал барал гинчадерил къоролзаби ва ятимзаби гьардухъ лъугьине ккана. «Ракъуца хвана дир кӏиявго вац Сагӏаду ва Абакар, дир яц Сапинатги. Дирго эбел Райхӏанатгун ва кӏудияй эбел Нуцалайгун цадахъ дун гьардухъ ине ккана. Нижеда бихьараб ракъи-къварилъиялъул бицун чи божиларо. Доб мехалъ дир букӏана 12 сон», – ан хъвалеб буго жиндирго ракӏалдещвеязда Гъазиев Манапица.\nСундуе гӏолоха гьеб гӏасияб балагь гинчадерие гьабураб багӏараб армиялъулаз? Цӏияб низамалъ гьеб лъугьа-бахъиналда сверун бала балъголъиялъул пардав. Гьелъул хӏакъалъулъ бицинеги толароан. Жидерго вахӏшилъи-гӏасилъи къватӏибе лъачӏого хутӏизелъун, нахъе тун гьечӏо кинаб букӏаниги документ.\nГьадинаб лъугьа-бахъиналдасан байбихьун буго гьеб кинабго. Доб цӏорораб февралалъул гинчадерие балагьаб сордоялъ, Тӏанусисахун рачӏун, Хӏоцоса Нажмудинил рахъ кколез Гиничукь букӏараб багӏараб армиялъулазул караулалъул солдатал чӏван руго. Гьезул цояв лъутун Хъаладухъе ворчӏун вуго. Гьес ахӏи-хӏур бахъинабун буго гинчал хилиплъанилан. Гьеб хабар рагӏарав А. А. Тодорскияс ва доб мехалъ Гӏарани хъаладухъ вукӏарав Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель Нажмудин Самурскияс буюрухъ кьун буго: «Ганчӏида гамачӏ хутӏуларедухъ тӏагӏинабе гинчадерил росу-жамагӏат», – абун.\nРадакьалде багӏараб армиялъулаз гинчадерил росу сверун ккола ва тӏад цӏа лъола. Гьедин байбихьула гинчал гъуризе. Гьеб гӏасияб иш рагӏалде бахъинабизе Н. Самурскиясда тӏадги къан, А.А. Тодорский Болъихъ багӏаразе ккараб хӏинкъи нахъчӏвазе уна.\nМунагьал чураяв дир эмен Гӏалибегов Нурмухӏамад гӏурус мацӏ лъалев чи вугилан вихьизавун вукӏана Н. Самурскиясе тилмачлъун. Нурмухӏамадил эбел росасе ун йикӏуна Гиничукьа Шамил абурав чиясе. Нурмухӏамадица Нажмудин Самурскиясда гьарула, тӏубан иш кин-щибали лъалелде кьураб гьеб буюрухъ тӏубазабизе гӏедегӏугеян, гинчадерилги вугин гьанив Хъаладухъ багӏарал партизаназда гъорлъ анцӏила щугониги гӏолохъанчи, жиндирги эбел-лъималги ругин росулъ, мунги бусурманчи вугелъул, Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель хӏисабалда, росдае гьеб балагь гьабизе гьукъеян. Н. Самурскияс Нурмухӏамадида кьварун лъазабула: «Гьеб дургоги бетӏер чӏум гӏадин борлъизе бокьун гьечӏеб батани, хабар лъугӏизе те», – ян. Цинги цодагьав гӏодоцаравго гьес абун буго, жинда дуе гьабизе кӏолеб кумекги бугин, дур эбел-инсуда хъвагеян абун кагъатги кьун, мун Гиничукье витӏизе. «Классиял тушбабазда» тӏад босараб бигьаяб ва давлаяб бергьенлъиялъ бутӏрул сверарал солдатаз, бихьиналги гъурун, жалго хутӏарал руччабазда хӏал-зулму гьабизе букӏиналда хӏинкъараб хӏалкколеб букӏиналъги ва цинги багӏарал партизаназулги солдатазулги гьоркьоблъи чучлъизе бегьулеблъиги бичӏчӏун, Муслим Атаевасда кӏола Н. Самурский кантӏизавизе, руччаби ва 14 соналде рахинчӏел васалги росулъа къватӏире риччазаризе.\nАбула, 1937 соналда Н. Самурский жанив тӏамулелъул, гьесде гӏунтӏизарулел гӏайибазул цояб букӏун бугин гинчадерил ракълилал гӏадамал гъуриги. Лъаларо, кин букӏаниги, нижер росдал гӏадамазе гьабураб вахӏшилъи роцен гьечӏебгӏан кӏудияб буго."}
{"slug": "3865-galmag-asul-khiak-al-ul-ragii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3865-galmag-asul-khiak-al-ul-ragii", "title": "Гьалмагъасул хӏакъалъулъ рагӏи", "date": "2019-03-04 11:01:27", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Ватӏаналъул унго-унгояв патриот\nВарис вукӏана Аллагьас сценаялъе вижарав чи\nЖиндир мунагьал чураяв Варис вукӏана цо батӏияб гӏамалалъул чи. Гӏодове виччарав, сабурав, хӏалимав, гӏаданлъи бугев, гӏадатлъи бугев, гӏадамазда гъорлъ жуварав, ракӏ рагьарав, кумекалъе хӏадурав, кивго хӏажаталъе ватулев, гӏисиназдаги чӏахӏияздаги сундулъго кверчӏвазе хӏадурав, кидаго жив аваданав, эркенго хӏухьел цӏазе бокьулев чи. Халкъалда гьоркьов машгьурлъанагӏан, гӏадатиял гӏадамазда аскӏов гӏагарлъизе бокьулев чи… Живго кӏудияв гӏунагӏан, гӏамал гьитӏинав чи…\nВарис вукӏана кибго цебехъанлъи гьабизе бокьулев чи. Сценаялда актерасулаб культура цӏунизе лъалев чи. Бокьараб лъикӏаб хӏалалъ киналгӏаги батӏи-батӏиял данделъаби, концертал, вечерал, бертаби, церерахъинал нухда рачине лъалев чи. Варис вукӏана Аллагьас сценаялъе вижарав чи.\nВарис Нуровасул бакъназдасанго бичӏчӏула гьев Ватӏаналъул унго-унгояв патриот, жив гӏураб росу-ракь, гӏагараб Гъуниб район, Дагъистан хирияв чи вукӏин. Хасго жиндир миллаталъул магӏарулал рокьулаан Варисие, Расул Хӏамзатовасда цадахъ лъугьун. Хъвана гьес аслияб куцалъ кӏудияв шагӏирасул кучӏдузе гӏемерал бакънал. Миллаталъул гимнлъун лъугьарал «Магӏарулазул улка» ва «Магӏарулал» абурал Расулил кучӏдузда цадахъ киса-кирего машгьурлъана Варисил бакъналги. «Борхатаб Гъуниб» абураб дир кечӏги гӏенеккулезда рагӏана Варис Нуровасул бакъаналда цо чанго батӏияв кочӏохъанас ахӏулаго. Бакъназда цадахъго Варисица жинцагоги хӏалбихьулаан магӏнаял кучӏдул хъвазе.\nВай, бер гӏорцӏуларо, бер гӏорцӏуларо,\nБугеб боцӏудаса чанги чагӏазул.\nДунни гӏорцӏуларо рокьиялдаса,\nРакьцоял гӏадамал, нужеде бугеб!\nГӏемерисеб нилъер творчестваялъулаб интеллигенцияго гӏадин, жакъасеб къоялъул пашманаб къисматалъ веэдичӏо Варисги.\nГьудулзабаз абула цӏияб бакъан бахъеян,\nЦӏигьабун гӏуцӏиялъе хасал нотаби хъваян.\nДица жаваб гьабуна гьанже ирга дихъ гьечӏин,\nДалай-щалай гӏемерлъун, гӏинкълъарав бецлъун вугин.\nВарис вукӏинчӏо кинабгӏаги хъулухъалъ ворхизавурав ялъуни гьелъул даражаялъ тӏадегӏан гьавурав чи. Гъуниб районалда Культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулагоги, тӏалабчилъи бихьизабуна гьес сундулъго. Тӏад ругезул амру тӏубазабизе гӏоло батӏи-батӏиял жал ургъолаго жиндир хӏалтӏухъабазде семулаго-вагъулаго гуребха, гьел битӏараб нухде рачунаго чанги къагӏидаби ратана гьесда районалъул культура ва творческияб нух гӏатӏид гьабизе…\nМагӏарулаз Надир-шагь щущахъ виххизавураб, Шамил-имамас ахираб щулалъи ккураб Гъуниб мугӏрул тӏалъиялъул тӏанкӏгӏанасеб Гӏобох росулъ 1956 соналъ гьавуна магӏарулазул машгьурав композитор, кочӏохъан, шагӏир, Дагъистаналъул Культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, Дагъистаналъул миллияв бахӏарчи, унго-унгояв гӏадатияв вас, магӏарулав, гӏаданлъи цӏикӏкӏарав кӏудияб хӏарпалъул Инсан Варис Нуров.\n… Гӏолохъанав композитор мустахӏикълъана 1986, 1988, 1989 соназ СССРалъул Композиторазул союзалъул дипломазе. 1990 соналда ва гьелдаса хадубги Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Варис Нуровасул творчествоялъулаб чанго вечер.\nВарис Нуровасе – махщел гӏурав кочӏохъанасе, гьунар камилав композиторасе кидаго къиматаб букӏана шигӏрияб рагӏи. Гьес цебего хъвалел рукӏана кучӏдул. Гьел рахъулаан газетаздаги журналаздаги. Къватӏибе биччана «Кунчӏараб цӏва» ва «Дунялги ахиратги» абураб шигӏрияб кӏиго тӏехьги. Цо батӏияб хаслъи батула гьесул кучӏдузулъ. Балагье цо, ункъо мухъалда жаниб жиндир гӏумруялъулги гӏамал-хасияталъулги сурат кьезе кӏун буго Варисида:\nГьудуллъи бичичӏо, намус биличӏо,\nБорхатго цӏунана цӏаги гӏищкъуги.\nХӏилла-макру лъачӏо, къулизе лъачӏо,\nКъадарал чагӏигун бокал борхичӏо…\nМа ша Аллагь, цо камиллъи ва мухӏканлъи рагӏабазул!\nВарисил руго цоги гьадинал рагӏабиги:\nДида бичӏчӏуларо дуниялалде\nДагӏба-рагъ, мацӏ-хӏилла кисан бачӏунеб?\nКвешабги лъикӏабги лъалеб мехалда,\nЛъалиниса хвалчен щай къватӏиб цӏалеб?..\nЗобазда бакъгун моцӏ, кенчӏолел цӏваби,\nНуж даим рукӏана, рукӏине руго.\nНилъ рачӏуна-уна, тӏанхал гъенола,\nТӏугьдул их бачӏингун бакъуй гьимула.\nВарис хванилан хабар рагӏидал, цӏакъ ракӏ бекана, бакӏаб тӏалу тӏаде бегана. «Тӏокӏалъ кӏалъаларо Хӏасановилан дихъе гьевилан» пикраби рещтӏана ботӏролъ… Аллагьасул къадаралдаса лъиегӏаги рорчӏизе бакӏ гьечӏелъул, гьарила гьевгун цадахъ нилъ Алжаналда данделъизе къотӏи батагиян ва иманалда гьев тӏовитӏун ватагиян. Амин!\nМухӏамад ХӏАСАНОВ,\nКӏуяда росу"}
{"slug": "3866-insutsa-bekarab-vasas-l-il-ula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3866-insutsa-bekarab-vasas-l-il-ula", "title": "Инсуца бекьараб васас лъилъула", "date": "2019-03-04 11:02:23", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дадаца гӏин кьуричӏони, лъимадул гӏадлу хола\nАбула бихьинчиясда тӏадаб бугин мина базеги, гъветӏ чӏезеги, вас гьавизеги. Гӏемерисел бихьиназ гьел хӏалтӏаби тӏуразарула. Амма вас гьавурав гӏоларо, гьесие тарбия кьезеги ккола. Эменги вукӏине ккола васас мугъчӏвалеб кьурулъун, кидаго гьесул тӏалаб-агъазалда вугев чилъун. Социологаз абулеб буго жакъа Россиялъул гӏемерисел бихьиназ гьеб борч борхулеб гьечӏилан. Эмен жиндирго хӏалтӏудаса лъималазде регӏуларила, гӏодоркъоязги гьев я шишаялда нахъа, я ччугӏа кквезе ун, яги футболалде машгъуллъун вукӏунилан. Лъималазул тӏалаб гьаби, гьезие тарбия кьей гьес тӏубанго лъадуде рехун тун бугин.\nХъизамалъул бетӏер ккола рос, ай хъизамалъулги лъималазулги жавабчилъи букӏуна гьесда тӏад. Рос ва эмен ккола лъималазе мисалги насихӏатчиги. Жакъа Россиялъул гӏемерисел регионазда гӏадин хашго гьечӏониги, хъизамалда жаниб инсул къадру Дагъистаналдаги гӏодобе ккун буго. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, Россиялъул гӏемерисел регионазда гӏуцӏулел руго «Умумузул цолъиял» абурал жамгӏиял идараби. 19-20 февралалда Свердловск областалда тӏобитӏана гьезул тӏоцебесеб форумги.\nМахӏачхъалаялъул Советск районалъул администрациялъул бетӏерасул заместитель, умумузул цолъиялъул председатель Заур Гӏамиргӏалиевасул нухмалъиялда гъоркь форумалда гӏахьаллъана Дагъистаналъул делегацияги. Форумалъ данде гьавун вукӏана Россиялъул 80 регионалдаса 350 делегат. Тадбиралда гӏахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, Федерациялъул Советалъул членалги, диниял идарабазул вакилзабиги, гӏелмуялъул, культураялъул ва спорталъул церехъабиги.\nРФялъул умумузул цолъиялъул нухмалъулев Андрей Коченовас бицана щибаб регионалда гьадинаб цолъи гӏуцӏиялъе ккараб гӏилла бугила цадахъ рекъон хӏалтӏи гӏуцӏи.\nФорумалъул бицунаго, Заур Гӏамиргӏалиевас абуна гьеб букӏанила цӏакъ кӏудияб\nкӏваралъул тадбир. Гьелда жидеца лъай-\nхъвай гьабунила нилъер гьанибги пайда босизе бегьулел проектазулгун.\n«Умумузул цолъиялъул аслияб мурад ккола лъималазе тарбия кьеялдаса нахъе кӏанцӏун чӏун вугев эмен гьеб ишалде машгъуллъизави, гьев жиндирго лъималазде ва лъимал гьесде гӏагар гьари.\nНилъер гӏадатазда рекъон, сон-церекъадги эмен кколаан хъизамалда жанив аслияв чи. Жакъа гьес гьеб жавабчилъи тӏубанго эбелалде тӏаде рехун тун буго. Школазда эбел-инсул собраниязда, аслияб къагӏидаялда, рукӏуна улбул. Руго бихьинал жидер лъимер\nчанабилеб классалда бугебалицин лъаларел. Гьеб гъалатӏ битӏизабиялъул мурадалда гӏуцӏулел руго гьадинал цолъабиги. Нижер аслияб масъала ккола умумул лъималазде гӏагар гьари, гьел лъималазул ишазулъ гӏахьаллъизари, жидерго мисалаздалъун гьезие битӏараб тарбия кьеялде гьетӏизари. Гьединаб мурадгун нижеца тӏобитӏараб «Инсул патруль» абураб тадбиралда гӏахьаллъана 45 хъизан. Гьезда гьоркьор тӏоритӏана батӏи-батӏиял къецалги.\nНилъер лъималаз гӏемерисеб заман\nчӏвала бича-хисиялъул, ракӏгъезабиялъул центразда ва кинотеатразда. Кемеровалда гӏадаб балагьалдаса лъимал цӏуниялъул мурадалда, зама-заманалдаса гьединал бакӏазде ун, гьез хӏалтӏи гӏуцӏун бугеб къагӏидаялъухъ балагьула», — ян бицана Заурица.\nГьесул пикруялда рекъон, умумузул цолъиял гӏуцӏизе ккола школазда, администрациязда цере. Гьес кӏудияб гӏунгутӏилъун рикӏкӏунеб буго школазда цӏакъ дагьал гурони бихьинал-учительзаби хӏалтӏулел ва жидерго лъималазе тарбия кьеялъулъ бихьиназ мукъсанабго гурони гӏахьаллъи гьабулеб гьечӏолъиги.\n«Нижер районалда гӏумру гьабун ругезда дирго мисалалдалъун бихьизабула дица лъималазулгун гьоркьоблъи щула гьабизе кколеб къагӏида ва гьелъул бугеб кӏвар. Гӏодоркъояз лъималгун дун уна паркалде, киноялде, ралъдахъе, музеязде… Гьеб ккола чияр заралияб асаралде гъоркье дирго лъимал ккеялдаса цӏуниялъе гьабулеб хӏалтӏи. Дун гӏемер щола дирго лъимал цӏалулеб школалде, гьениб классалъе яги школалъе бажарараб кумекги гьабула. Рос-рукъалде араб мехалъ, ясалъ такрар гьабула инсулгун букӏараб гьоркьоблъи. Инсул бербалагьиялда вугони, васасул чорхолъ куцала бихьинчиясул хасият-гӏамал. Жакъа нилъее чара гьечӏого хӏажат буго лъималазе тарбия кьеялъулъ хъизамалда жаниб инсул кӏварги къадруги борхизаби», — ян абуна Заур Гӏамиргӏалиевас.\nРоссиялдаго гӏадин, Дагъистаналдаги лъималазе тарбия кьеялъул иш тӏубанго улбузде рехун тун бугин абиларо. Амма лъималазул ахикьги, школалдаги, парказдаги, ракӏгъеялъул центраздаги, экскурсияздаги лъималгун цадахъ, гӏемерисеб мехалда, рукӏуна улбул. Лъималазе тарбия кьеялъул хӏалтӏи, анкьил ахиралда цӏалул дневникалда квешал къиматал ратидал, гӏин кьуриялдалъун лъугӏизабулеб бугони, инсулги лъимадулги ракӏазул гӏагарлъиги, цоцада ричӏчӏиги букӏунаро. Инсул кьварараб гӏадлу щвечӏони, васасул унго-унгояв бихьинчиги лъугьунаро.\nАхиралда рехсела цо гьадинаб биценги. Цо нухалъ свакан, кватӏун хӏалтӏудаса рокъове щварав инсуда, нуцӏида аскӏов ватула жиндирго щуго сон барав вас.\n— Эмен, цо жо гьикъизе бегьилищ дуда? — ян абула гьес.\n— Бегьила, щиб ккараб?\n— Дуе кигӏанасеб харж щолеб?\n— Гьеб дуе щай? Гьеб дур иш гуро,- ян кӏалъала эмен.\n— Гьадинго лъазе бокьун буго. Бегьулеб батани, бице, цо сагӏаталъ хӏалтӏун чан гъуруш дуе щолеб?\n— 500 гъуруш.\n— Гьеб 500 гъуруш дие къарзалъ кьезе кӏолищ дуда?\n– Расанкӏо босизелъун гӏарац тӏалаб гьабизе бицунеб букӏараб хабарищ гьеб. Вилълъа, кьижизе вега. Гьедигӏан кӏудияв гогьмалъун вукӏине бегьуларо. Дун тӏубараб къоялъ хӏалтӏула, свакала, дуца абуни дие гӏантал жал рицунел руго.\nГьитӏич сихӏкъотӏун рокъове уна ва жиндаго хадуб нуцӏаги къала. Эмен ургъалилъе ккола ва васасе щиб бугониги кӏвар бугеб жо босизе бокьун батизеги бегьулин пикру гьабула. Гьесул рокъове лъугьиндал, вас бусада вегун ватула.\n— Мун жеги кьижичӏогойищ, дир вас?\n— Кьижичӏо, дада. Гьадинго вегун вуго, — ян жаваб кьола васас.\n— Дица дуе цӏакъ хъачӏго жаваб кьунин ккола. Жакъа дир захӏматаб къо букӏана, гьелъги батила, дун гӏедегӏун ккана. Тӏасалъугьа дидаса. Ма, босе дуца гьарулеб букӏараб гӏарац.\nВас тахида кӏусана ва гьимана.\nБаркала, эмениланги абун, васас къандалъоялда гъоркьа бахъун бачӏана цо букӏкӏ-букӏкӏкӏараб гӏарац, гьеб рикӏкӏана ва инсухъе бегьулаго абуна: «Гьаниб 500 гъуруш буго. Бегьиларищ дица дур заманалъул цо сагӏат бичун босизе? Талихӏ кьеги, бегьулеб батани, метер хӏалтӏудаса хехго вачӏа. Дие бокьун буго мунгун цадахъ тира-сверизе ине», — ян.\nНури Нуриев"}
{"slug": "3867-lag-al-bakhiarchi-kutsalaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3867-lag-al-bakhiarchi-kutsalaro", "title": "Лагъалъ бахӏарчи куцаларо", "date": "2019-03-04 11:04:17", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кавказалъул чӏужугӏадан! Бетӏер къулула дур тӏадегӏанлъиялда цебе\nГьаб макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго Марям Вахӏидовалъул хӏакъалъулъ. Щийха кколей гьей? Гьаюна Казахстаналда. 13 соналъ гӏумру гьабуна Москваялда. Гьабсагӏаталда гӏумру гьабулеб буго Чачаналда. Оксфордалъул университеталъул философиялъул доктор, журналистикаялда ва адабияталда гранд-доктор, Тажикистаналъул художествияб академиялъул хӏурматияй член. Дарсал кьола Гудермесалда бугеб «Мансур» абураб жалго бетӏергьанаб школалда. Гӏурус хъвадару-хъабазул махщелчилъиялъул цӏех-рехазда йигей гӏалимчӏужу.\n— Марям, гьаб нухалда дие бокьун буго Кавказалъул руччабазул хӏакъалъулъ дургун гара-чӏвари гьабизе.\n— Кавказалъул руччаби, тӏоцебесеб иргаялда, руго батӏи-батӏиял: диналъул рахъалъги маданияталъулгун гӏадатазул рахъазги. Амма ниж цолъизарула цо аслияб гӏаммаб гӏамалалъ — бихьинчиясдехун бугеб бербалагьиялъ. Жинда божизе бегьулев бихьинчи хьолбохъ вугони, хутӏараб кинабго жинцаго гьабула гьелъ, талихӏ жинцаго балагьула.\n— Абула Кавказалъул чӏужугӏаданалъул ихтиярал гьечӏилан. Бугищ гьедин?\n— Дица бицина чачаназул чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ. Цогидазул бицине дир ихтияр гьечӏо. Дие бокьун буго цо гьадинаб мисал бачине. Дица гӏахьаллъи гьабуна Москваялда тӏобитӏараб цо гӏелмияб конференциялда. Гьениб гьоркьоб лъезе букӏана Л. Н. Толстоясул хӏакъалъулъ\nхъвараб дир докладги. Данделъи байбихьилалде цебе, дида аскӏое ячӏана цо журналист ва гьикъана:\n— Дуца хъвалеб буго хъвадарухъанасул «Анна Каренина» романалъул хӏакъалъулъ. Гьей эркенай чӏужугӏадан йикӏиналъищ дуца тӏасабищараб гьеб роман? — илан.\n— Лъица дуда абураб Анна эркенай йикӏанилан? — ан цӏехана дица ва тӏадеги жубана, Аннада макьилъцин бихьичӏин чачаналъул бугеб гӏадаб эркенлъиян.\nЖурналисталда ракӏалде ккун букӏун батиларо дица гьединаб жаваб кьелилан. Амма эркенай чӏужугӏаданалъ гурони бахӏарчи куцаларо. Халкъ мутӏигӏ гьабизе бокьун батани, мутӏигӏ гьае чӏужугӏадан.\nЖакъа бихьиназ пайда босулеб буго жидеего Тӏадегӏанас кьун бугеб ихтияралдаса — рачунел руго ункъоялде щвезегӏан лъудби. Амма пикру гьабулеб гьечӏо кин гьел хьихьилелали…\n— «Кӏиго чӏужуялъул рос, заманалдасан, сверула чӏужугӏаданалде», — ян абураб аби буго. Щайгурелъул щибаб къоялъ гьев гӏахьаллъулелъулха гьезул дагӏба-къецалъулъ.\n— Кинай чӏужуялъухъе бихьинчи аниги, гьев гьенив ккола гьобол. Рос вукӏине ккола рукъалъул бетӏергьанлъун. Гьеле гьелдаса махӏрумлъулев вуго бихьинчи, кӏиабилей, лъабабилей… чӏужу ячиндал. Рукъалъул бетӏергьанилан абураб цӏарги цохӏо тӏоцеесей чӏужуялъул букӏунеб буго. Хутӏарал руччабазул номерал — кӏиабилей, лъабабилей…\n— Чачаналда кӏолищ бихьинчиясда данде кӏалъазе? Кавказалъул гӏемерал бихьиналги талихӏал руго гӏурус руччабазда цадахъ. Щиб лъазе кколеб чӏужугӏаданалда, батӏияб миллаталъул бихьиналгун цадахъ хъизан гӏуцӏулелъул?\n— Чачаналда кӏола, росасул пикру мекъи бугони, гьелда данде яхъине, щайгурелъул чӏужугӏаданалъ, тӏоцебесеб иргаялда, пикру гьабула хадуб ккезе бугелъул. Амма гьеб кинабго гьабизе ккола, ахӏи-хӏуралда гуреб, гӏакъилго, гӏодое йиччан, росасда квеш букӏинаредухъ.\nБатӏи-батӏиял миллатаздаса гӏуцӏараб хъизамалдаса дие бокьила цохӏо миллат цолъун гӏуцӏараб хъизан. Щайгурелъул гьезул кинабго гӏаммаб букӏуна: гӏадаталги, гӏамалалги, маданиятги. Дие бокьила Иванги Марияги, Абазги Курбикаги, Жетписбайги Карлыгашги цадахъ рукӏине ва гьезул жиде-жидер хъизанги букӏине, ай цохӏо миллаталъул хъизамал гӏемерлъизе.\n— Кавказалъул чӏужугӏадан къанагӏат гурони гӏодуларо гӏумруялда дандчӏвалел захӏмалъаби сабаблъун. Гӏицӏго гӏага-божаразул хвелалда кӏола гьелъул бадиса магӏу баккизабизе. Чачаналъул магӏу кида баккулеб?\n— Чачаназул магӏирокъор киданиги рукӏунаро магӏихъаби. Гьез хвелги сабурго къабул гьабула. Кверкьовуда ругел бихьиназда рагӏуларо гьезул магӏил гьаракь. Кверкьей абуни, букӏуна цохӏо азбаралъуб магӏирукъгун цадахъ. Масала, чачаназул шагӏир Бану Гайтукаева гӏолохъанго ятӏалъана гӏумруялдаса. Гӏумруялъул ахирисел лахӏзатаз гьелъ укол гьабизе биччачӏо, жиндие Аллагьасухъе ине квалквал гьабугейиланги абун. Гьелъул эбелалъги, гьурмада гӏажаибго берцинаб гьимигун, къабул гьарулел рукӏана зигара гьабизе рачӏарал. Гьеб гурищ чӏужугӏаданалъул сабру.\n— Абула, Кавказалда бугин гьадинаб гӏадат: чӏужугӏаданалъ ботӏродасаги бахъун кӏаз гьоркьобе рехани, бихьиназ рагъ къотӏизабулила. Гьеб гӏадамаз ургъараб маргьацин гуребдай? Дида жеги рагӏичӏоха гьединаб лъугьа-бахъин.\n— Гьеб маргьа гуро. Унго-унгоги буго гьединаб гӏадат Кавказалъул халкъалъул. Амма бокьарай чӏужугӏаданалъул гуребха букӏунеб ихтияр кӏаз рехизеги. Гьейги йикӏине ккола киназго адаб-хӏурмат гьабулей, рагӏи билълъарай гӏадан.\nРакӏалдещвезарила араб гӏасруялъул 90-абилел сонал. Чанги чачанай яхъана бихьиназда цадахъ рагъул авлахъалде. Гӏурус офицерзабаз доб мехалда абуна Чачаналда гӏадал къвакӏарал руччаби жидеда кирго ратичӏилан.\n— Ракӏалда буго цо гьадинаб хӏужаги. Нижер росулъ вукӏана цо чи, кидаго чӏужу юхулев. Росдадаго рихун вукӏана гьев. Жакъа ругодай гьединал бихьинал?\n— Чачаналъги гьединал бихьиназул адаб гьабуларо. Дир росасда унтун вегун вугев цо херас абун буго жив некӏого холаанила,\nгьадинай чӏужу жиндир йикӏинчӏейани. Пайда щибха, кватӏун бичӏчӏана дида гьеб. Рес бугебани, доб араб заман нахъбуссинабизе, дица батӏияб куцалда гьабилаан гьелъул адабилан тӏадеги жубан буго. Гӏумруялда жаниб дур бищун лъикӏав гьудул ккола дур лъади. Гьелъулъ буго талихӏаб хъизамалъул балъголъигиян абун буго гьес нахъеги.\n— Дагъистаналда гӏемер руго бесдалал. Эбел-инсуца рехун таралги руго. Дирги дир гьалмагъзабазулги жигаралдалъун гьениб рагьана «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» абураб гӏуцӏи. Чачаналда гьеб рахъалъ иш кин бугеб? Ругищ лъималазул рукъзал? Рагӏана чиновниказгицин рачунин хьихьизе лъималилан.\n— Гьеб лъиениги балъголъи гуро. Чачаналъул бетӏерас хьихьизе вачун вукӏана гӏурус вас. Гьайгьай, Дагъистаналда гьеб суал дагьаб захӏматаб буго Чачаналдасаги. Нужер халкъалги гӏемерал руго. Амма гьеб киналъулго балагьлъун ккола чӏужугӏаданалъул билараб намус. Цо нухалда телевизоралдасан килисаялда хӏалтӏулев вугев чияс абуна къиямасеб къо чӏолила цохӏо тӏабигӏиял балагьаздалъун гуребги. Гьеб чӏолила чӏужугӏаданалъул намус лъугӏараб бакӏалдаги. Чачаналда тӏадагьаб хьвада-\nчӏвадиялъул хӏасилалдалъун рехун тараб лъимералъухъ нагӏана чӏужугӏаданалъе гуреб, бихьинчиясе кьола.\n— Дагъистаналда министраллъунги гьезул заместителаллъунги руго руччабиги. Гьединалго хъулухъазда руччаби руго Гуржиялда, Азербайжаналда. Чачаналъул яги Дагъистаналъул бетӏерлъун чӏужугӏадан ккезе рес бугищ? Щайдай Кавказалъул руччаби ахӏуларел Россиялъул федералиял хъулухъазде?\n— Руго гьединал руччаби Дагъистаналдаги Чачаналдаги. Амма дица абилароан гьел хӏукуматалъул тӏалаб-агъазалдаги политикаялдаги гьоркьор рукӏине кколилан. Гьединал руччабазулъа лъугӏула хӏеренлъи, недегьлъи, сабру. Гьел гӏамалалин абуни, чара гьечӏого хӏажат рукӏуна чӏужугӏаданалъул талихӏалъе.\n— Чачаналда гӏолилалъул ихтияр бугищ гӏолилав тӏасавищизе?\n— Чачанай кидаго ана ва уна росасе жиндиего вокьарав чиясе. Нагагь гьелъие жив вокьулев гьечӏони, бихьинчияс гьеб живго хӏакъир гьавилъун рикӏкӏуна. Амма жакъасел цо-цо гӏолилазул буго цӏар лъазе лъалареб рокьи. Интернеталдаса гьабула лъай-\nхъвай. Гӏолилалъулги анцӏ-анцӏ сурат букӏуна интернеталда. Цебе бихьинчияс чӏужугӏаданалъул къадру цӏакъ цӏунулаан. Гьанжейин абуни, гӏолохъаби барщулел руго, ясаз жидехъе адрес кьечӏони яги дандчӏвазе инкар гьабуни. Гьеб киналъего «гӏайибияблъун» заманги рикӏкӏунеб буго — гьаб бугин XХӀ гӏасруйилан, кӏичӏардизе лъугьунел руго.\n— Дагъистаналдаги Чачаналдаги буго бахӏарай йикъулеб гӏадатги. Ясалъеги бокьичӏого йикъулел хӏужабиги камулел гьечӏо. Гьеб ккола ясги, гьелъул тухумги, эбел-эменги хӏакъир гьари.\n— Цо талихӏалъ, Чачаналда гьеб такъсиралъухъ, законалда рекъон, тамихӏ гьабула. Кидаялиго гьеб букӏана гӏадатлъун. Амма гьеб такъсиралде сверизабуна, хасго 90-абилел соназда. Гьелъухъ гьабулеб тамихӏги букӏине ккола.\n— Кавказалда буго цоги гьадинаб гӏадат. Масала, хъизан хвани, бихьинчияс ячуна гьелъул яц, лъималазда бесдал эбел йихьизе теларилан.\n— Чачаналда гьединаб гӏадат киданиги букӏинчӏо, букӏине ресги гьечӏо. Нижер гьаниб, эмен чӏаго вугони, лъимер бесдаллъуларо. Лъимал хьихьула кӏодоэбелалъ. Инсул вацасул ихтияр букӏунаро инсул бакӏалда вукӏине. Гьесул рес буго вацасул лъималазе кумек гьабизе.\n— Дурго эбелалъулги кӏодоэбелалъулги хӏакъалъулъ щай бицунареб.\n— Кӏодоэбелги малъун, хъизамалда вукӏана 11 чи. Кӏодоэбелалъ кьуна нижее гӏумруялъул дарсалги. Кинай йикӏине кколей чачанай-гӏолилай? Гьей, гьаракь биччан, елъизеги бегьуларо, рукъалъул тӏалаб-агъазги гьабизе ккола, магӏишат бачинеги ругьунлъизе ккола, цӏикӏкӏаразул бадиеги ялагьизе бегьуларо, гӏодое йиччан кӏалъазе ккола, кӏалъалелъулги, гӏодое къулун йикӏине ккола ва цогидабги… Гьелъ малъана нижеда хъвазеги цӏализеги. Рокъорги рахьдал мацӏалда кӏалъалаан ниж.\nЭбелалда цӏар букӏана Бика. Гьей йикӏана хӏеренайги кьварарайги. Жиндирго эбелалъул гӏадаб, чармил, маххул гӏамалалъул гӏадан йикӏана гьей. Цогидаз ясазе цӏали-къали къваригӏунарилан рикӏкӏунеб мехалда, эбелалъ нижее цӏализе ва лъай босизе гьукъичӏо.\n— Щиб дуца гьарилеб букӏараб цӏияб гӏумруялъул рагьдухъ ругел гӏолилазе?\n— Жакъа киналго гӏедегӏулел руго киреялиго. Гьениб талихӏ бугин кколеб буго\nгьезда жидехъ балагьун чӏун. Амма ракӏчӏун лъайха нужеда — талихӏги, рохелги, икъбалги нужеда батизе буго рокъоб, ватӏаналда — Дагъистаналдаги, Чачаналдаги, Кавказалдаги. Гьениб дуда лъицаниги гьикъизе гьечӏо щиб гьабизе вачӏаравилан, тӏалаб гьариларо документал. Кинабго нужее гӏагараб. Нужехъ урхъараб. Нужеда божараб. Лъаялда хадур ине бегьула Америкаялде щвезегӏанги. Амма чияр ракьалда нуж киданиги рукӏине гьечӏо тӏоцереселлъун.\n— Щай, масала, бусурманчӏужуялъ жиндиего вокьарав миллат батӏияв яги дин батӏияв чи тӏасавищизе бегьуларев? Гьелъулъ гурищ бугеб инсанасул къокъабго гӏумруялъул талихӏги. Яги гьелъул ихтиярищ гьечӏеб талихӏайлъун йикӏине?\n— Дуца дир пикру цӏехолеб бугелъул, жаваб кьолеб буго — гьечӏо гьелъул гьединаб ихтияр. Талихӏ халатбахъараблъун киданиги букӏунаро. Гьелъул цо-цо лахӏзатал сабаблъун щай гьелъ жиндирго гӏумру захӏ-мат гьабизе кколеб?!\nБатӏияб дин яги миллат — гьел ккола батӏиял гӏадаталги, гӏамалалги, тӏалабалги. Гьелде тӏадеги, лъималазеги захӏмалъула гьединаб гӏумру. Захӏмалъабазукьа лъутизе бегьуларо, гьезул тӏалабал тӏуразаризе ккола. Гьеле гьелъул пикру гьабизе ккола чӏужугӏаданалъ бищун цебе. Цо гьадинаб мисалги бачина. СССРалъул чӏужугӏадан. Тӏоцеесей летчица ва парашютистка, авиациялъулаб спорталъул рахъалъ СССРалъул спорталъул мустахӏикъай мастер Ляля Насуханова. 1964 соналда гьей тӏамун йикӏана авиациялъулаб звеноялъул командирлъунги. Гьелъул росги вукӏана летчик-инструктор, асатӏинав Аслан Батиров. Парашюталдаса кӏанцӏиялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталдаги гӏахьаллъун, жийго маш-гьур гьайизе рес букӏана гьелъул, амма лъимаде йигей гьелъ лъимер тӏасабищана. Гьедин букӏана кидаго. Цо нухалда дие рес ккана гьелъулгун гара-чӏвари гьабизе. Ниж кӏиялго данделъана гьелъул кабинеталда — Грозныялда. Ляля хӏалтӏулей йикӏана Чачаналъул Культураялъул министерствоялъул профсоюзалъул обкомалда. Гьелъулгун букӏараб гара-чӏвариялдаса хадуб дида бичӏчӏизе кӏвечӏо, чӏужугӏадан хӏисабалда, гьей талихӏай йикӏарайищалицин.\nТӏадегӏанас халкъал гӏемерал рижун руго. Дир хӏисабалда, цолъизе гуребха, цоцазул тӏабигӏат-гӏамалги, гӏадаталги, культураги лъазабизе. Эбел-эмен батӏиял миллатазул ругони, лъималазулъги куцала цояб миллаталъул гӏамал-хасият. Рес гьечӏо кӏиябго миллаталда цадахъго гьел релълъарал рукӏинеги. Масала, эбел казахай, эмен чачанав вугони, лъималазулъги гьезул лъималазулъги щулалъула азиатазул гӏамал-хасият, гьезул тӏабигӏатги гьединабго букӏуна. Гӏаксалда букӏараб мисал дида жеги рагӏичӏо. Гьаб буго гӏицӏго дир пикру.\nМухӏамад ГӏабдулХабиров"}
{"slug": "3868-ungo-magiarulal-nil-er-bertsinl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3868-ungo-magiarulal-nil-er-bertsinl-i", "title": "Унго, магӏарулал, нилъер берцинлъи!", "date": "2019-03-04 11:09:02", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул мацӏалъул анлъабилеб фестиваль ва гьелъул хӏасилал\nКиса-кибего – гӏагараб калам. Унго, цо гьелъул берцинлъи! Даимлъиялъул гьогьенгун цӏумазухъе цӏабуцӏунеб бугеб магӏарул каламалъ куркьбал гъурай дунин абуни гӏедегӏулей йиго Магӏарул театралде, рахьдал мацӏалъул фестивалалда гӏахьаллъи гьабизе. Дидаго цадахъ исана анлъабилеб нухалда тӏобитӏулеб бугеб гьеб тадбиралде рачӏунел рукӏана магӏарулалги. 11-ялда гурони фестиваль байбихьизе букӏинчӏониги, театралъул жанахӏ радалго кьабун цӏун букӏана гӏадамаз.\nЗурма-къолол гьаркьихъе кьурдулел, миллияб ратӏлилъ байрамалде рачӏарал киналго миллатазул дагъистаниял рихьидал, каранда рекӏел кӏетӏейцин хӏалуцана, цо свери бахъичӏого чӏезеги кӏвечӏо.\nДагъистаналъул киналго миллатазе гӏаммаблъун лъугьараб байрам магӏарулазда баркизе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулелги. Гьез жидерго мацӏазда цӏалана кучӏдулги. Фестиваль магӏарулазда баркана Дагъистаналъул миллиял ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалейицаги.\nБайрамалъ цолъизаруна дагъистаниял\nФестивалалъул тӏоцебесеб къо сайгъат гьабун букӏана республикаялъул киналго районазул школазул учительзабазе ва цӏалдохъабазе. Гьез бихьизабуна кьурдизе, кучӏдул ахӏизе ва рикӏкӏине жидерго бугеб махщел. Церерахъин байбихьана Магӏарул театралъул артистазул хоралдасан. Цинги – Гӏандадерил ралъдал рагӏалда тӏобитӏун букӏараб магӏарул мацӏалъул фестивалалда тӏоцебесеб бакӏ ккураб Хунзахъ районалъул, кӏиабилеб бакӏ босараб Шамил районалъул, лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъараб хъутабазул школазул учительзабазул церерахъиназ цоги нухалда ракӏалдещвезаруна магӏарул гӏадаталги маданиятги.\nГьел учительзабигун цадахъ байрамалъул гьалбал щвана магӏарул берталъеги, йихьана кинай бахӏарай магӏарухъ цее йикӏараяли, васасе цӏар кьолеб сухӏматалъулъе ккана, бакӏиде рахъиналъул ихтилаталдаги гӏахьаллъана.\nГьеб тадбир нухда бачана магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ ва Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель Сарат Мухӏумаевалъ.\nКонцерталъул ахиралда грамотаби ва шапакъатал щвана гьенир гӏахьаллъаралщинал учительзабазегун цӏалдохъабазеги. Гьединго дипломазе ва баркалаялъул кагътазе мустахӏикълъана школазда рахьдал мацӏазул сагӏтал цӏунарал директорзабиги «Авар-учитель» сайталде дарсил ва тадбиразул планал ритӏарал магӏарул мацӏалъул учительзабиги.\nЦӏуне, магӏарулал, миллаталъул мацӏ\nФестивалалъул кӏиабилеб къо байбихьана рес-публикаялъул ва районазул газетазул выставкаялдасан. Театралъул жанахӏалъуб гӏуцӏун букӏана щибаб газеталъул майдан ва газетазул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунел суратал, цогидал материалалги.\nМиллияб байрам магӏарулазда баркана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, магӏарул секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Патахӏовас, шагӏирзаби Залму Батировалъ ва Тубхӏат Зургьаловалъ, магӏарул мацӏалда къватӏире риччалел газетазул вакилзабаз.\nГьез бицана бачӏунеб гӏелалъе магӏарул мацӏ цӏуниялъе гӏоло гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nАмма щивасул кӏалъаялъулъ букӏана унго-унгоги тӏагӏинадай мацӏилан абураб хӏинкъиги. Гьелъие гӏиллабиги ругелъулха: хъвалел гьечӏо магӏарул мацӏалда къватӏире рачӏунел журналал-газетал. Цинги кинха гьел цӏалулел, миллиял бахӏарзал, маданияталъул ва адабияталъул гвангъарал цӏвабилъун кколел магӏарулазул цӏарал лъималазда лъаялъе гьабулеб гьечӏеб хӏалтӏи, мацӏ цӏунизе кколин ахӏдолаго, нилъецаго\nгъанкъизехъин бугеб рахьдал мацӏги. Гьединал, магӏуялъ хуларал дир хиялал цӏидасан нахъе хъамуна зурмал-къолохъе кьурдизе рахъараз.\nУнго-унгоги, букӏинадай гьаб берцинлъи нилъехъа бахъизе кӏолеб къуват?! Гьелъие жаваб кьела бачӏунеб заманалъ.\nБакъанида театралъул залалда цӏидасанги данделъана, цоги нухалда районазул гьунарчагӏазул церерахъиналъухъ халгьабизе. Абизе ккола байрамалъул бищунго жигарал гӏахьалчагӏилъун рукӏанин Гӏахьвахъ, Шамил ва Лаваша районазул художествияб хӏаракатчилъиялъул коллективалилан.\nГьенир рукӏараз кӏудияб гъираялда къабул гьавуна гӏолохъанав, амма магӏарулазда гьоркьов машгьурлъарав кочӏохъан Хӏусен Гӏамирхановги.\nФестивалалъул ахиралда гьаруна лъагӏалил хӏасилалги. Миллаталъул маданияталда адабияталда, жамгӏияб хӏаракатчилъиялда машгьурлъарал магӏарулазе кьуна шапакъаталги. Гьезда гьоркьор рукӏана магӏарул шагӏирзаби Мухӏамад Ахӏмадов, Тубхӏат Зургьалова, Манарша Гӏисаева. Гьединго шапакъатал кьуна магӏарул газетазул мухбирзабазеги. Магӏарул миллияб автономиялъул «Миллаталъул чӏухӏи» абураб медалалъе мустахӏикълъана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев, «Миллат» газета гӏуцӏарав, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиев ва КЭМЗалъул директор Ибрагьим Ахӏматӏов.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3869-egeyal-ul-khiasilal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3869-egeyal-ul-khiasilal", "title": "ЕГЭялъул хӏасилал", "date": "2019-03-04 11:11:01", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Учительзабазе харж кьолеб къагӏида хисизабизе буго\nДРялъул премьер-министр Артем Здуновасул нухмалъиялда гъоркь, республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъ 2018 соналъ гьабураб хӏалтӏул ва исана гьабизе бугелъул бицун данделъи тӏобитӏана.\nДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ бицана республикаялда бугин 826000 лъимер цӏалулеб 2745 лъайкьеялъул идара. Министерствоялъ исана церелъурал масъалабазул цояблъунги кколин лъайкьеялъул хӏалтӏухъабазул харжал рукӏалиде ккезари. «Харжал цӏикӏкӏинариялъе гӏарац бихьизабун буго 2019 соналъул республикаялъул бюджеталда. Лъайкьеялъул министерствоялъ «Лъайкьей» миллияб проекталда рекъон, федералияб 10 проекталда гьоркьоса микьгоялъулъ гӏахьаллъи гьабизе буго. Миллияб проект гӏумруялде бахъинабиялъ лъайкьеялъул гӏуцӏабазда цӏиял бакӏал гӏуцӏизе (лъималазул ахазда – 23500 бакӏ, школазда – 31600 бакӏ), гьел цӏиял техникиял алатаздалъун хьезаризе ва лъайкьеялъулъ тарихазулаб къагӏида, лъималазе шартӏал гӏуцӏизе рес кьола», — ян бицана Уммупазил Гӏумаровалъ.\nЗахӏматаб масъалалъун хутӏулеб бугин абуна гьелъ, 3-7 сон барал лъималазе школазде иналде лъай кьезе ресал гьечӏолъи. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, республикаялда кколеб къадаралда лъималазе гӏурал ясли-ахал гӏуцӏун бажарулеб гьечӏин абуна ДРялъул лъайкьеялъул министралъ.\n«2018 соналда республикаялъул 117 школалда гьабуна ремонт. Исанаги 150 школа къачӏазе буго, ва гьеб мурадалъе республикаялъул бюджеталда лъун буго 300 миллион гъуруш. Гъоркьиса «Санагӏатаб сверухълъи» абураб программаялда рекъон, гӏуцӏана 41 лъайкьеялъул идараялда инклюзивияб лъайкьеялъе шартӏал. 2019 соналда гьебго программаялда рекъон хӏалтӏаби гьаризе биччалеб буго 68,6 миллион гъуруш.\nИсана республикаялъе щвана 140 школалъул автобус. Ракӏалда буго автобусал жеги росизеги.\nГьединго 2017 соналде дандеккун, 2018 соналда гӏурус мацӏалъул ЕГЭялъул хӏасилал лъикӏлъана 4 баллалъ ва математикаялъул – 7 баллалъ», — ан бицана ДРялъул лъайкьеялъул министралъ.\nАртем Здуновас министралда цӏехана педагогикиял хӏалтӏухъабазе харжал цӏикӏкӏинариялъул хӏакъалъулъги.\n«Педагогикиял хӏалтӏухъабазе базовияб бутӏаялде тӏаде кьолеб букӏараб харжалъул гъирабазабиялъул (стимулирующий) бутӏаялъул къагӏида хисизабизе буго. Лъайкьеялъул хӏалтӏухъабазул окладалъул базовияб бутӏа ккола 7675 гъуруш. Гьоркьохъеб къагӏидаялъ гӏадамаз гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб (МРОТ) гӏарцул къадаралде (11203 гъуруш) гьеб бахинабизелъун нижеца хиса-басиял гьарулел руго Дагъистаналъул хӏукуматалъул кӏиго проекталъулъ. Гьелъ рес кьола педагогикиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏикӏкӏинаризеги», — ян баян гьабуна Уммупазил Гӏумаровалъ.\nДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Хӏажимухӏамад Хӏусеновас абуна:\n«Окладалде тӏаде кьолеб гъирабазабиялъул бутӏа, лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулезе жидецаго хӏалтӏухъабазда гьоркьоб бикьизе рес кьолаан цебе. Цо-цо идарабазда лъайкьеялъул хӏалтӏухъабазе кьолеб гӏарац цӏакъго дагьаб батулаан, цогидал бакӏаздайин абуни, республикаялъулго гьоркьохъеб харжалдаса цӏикӏкӏун батулаан. Лъайкьеялъул хӏалтӏухъабазе рекъараб къагӏидаялъ харжал кьеялъул мурадалда, нижеца оклад цӏикӏкӏинабулеб буго. Гьелъ рес кьола педагогикиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏунизе ва цӏикӏкӏинаризе», — ян.\nПедагогазул харжазул хӏакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельниковалъ абуна, цоги нухалъ гьеб суалалда тӏад ургъани лъикӏ букӏинин: «Базовияб оклад цӏикӏкӏинаби лъикӏ букӏинаан, амма гьелдаса хадуб харжалъул гъирабазабиялъул бутӏалъун кколеб буго 10 процент, цебе 30 процент букӏана. Гьеб цӏакъ дагьаб буго, хӏисаб гьабизе ккола гьелда гьоркьоре кколел цӏаразулги, категориязулги ва цогидалъулги», — ян.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "3901-bor-mashinayal-uka-shchivgo-khiink-ularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3901-bor-mashinayal-uka-shchivgo-khiink-ularo", "title": "Бор-машинаялъукьа щивго хӏинкъуларо", "date": "2019-03-11 11:49:22", "categories": ["med"], "text": "Дагъистаналдаги хӏалтӏизабула, чӏандероялда титаналъул магӏалги кьурун,гьезда тӏад чӏухӏарал цаби ххолеб къагӏида\nЦаби-гӏусал цӏунизе, къачӏазе ва цӏигьарун лъезе кколеблъи лъаларев чи ватиларо. Амма, гьедин бугониги, цаби-гӏусазде кьолеб кӏвар нилъер чучаб букӏуна. Гьединлъидал, гьел цӏунизеги, гьезда хадуб хъулухъ гьабизеги кколеб къагӏидаялъул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДГМУялъул чӏандерабазулгун гьумералъулаб кафедраялъул стоматологияб хирургиялъул заведующий, профессор Гӏабудало Асиятиловасулгун.\n— Гӏабудало, кинаб къимат дуца кьолеб дагъистаниязул цаби-гӏусазул сахлъиялъул жакъа бугеб ахӏвал-хӏалалъе?\n— Жакъа дагъистаниязул лъабго-ункъо проценталъул гурони унго-унголъунги сахал цаби гьечӏин абизе бегьула. 96-97 проценталъе хӏажат буго стоматологасул кумек.\n— Абула нилъер республикаялда стоматологияб хъулухъ цӏакъго нахъеккун бугин. Битӏун бугищ гьеб?\n— Жакъа республикаялда гьеб хъулухъ кӏийиде бикьун буго: гӏага-шагарго гьелъул бащалъи буго пачалихъалъухъ, цогидаб бащалъи — жалго бетӏергьанал чагӏазухъ. Ахирисезул хӏалтӏиги квеш гӏуцӏун бугин абиларо: гьезул руго гьаб заманалъул алатал, хӏалтӏулел руго лъикӏаб лъайгун махщел бугел специалистал. Амма камуларо лъайги мукъсанал, махщелги гьечӏел тохтурзабиги. Гьезул гъалатӏал ритӏизариялъул хӏалтӏиги нижеде ккола. Щибаб итни къоялъ республикаялъул бетӏераб больницаялъул чӏандерабазулгун гьумералъулаб хирургиялъул отделениялда хал-шал гьабулаго, дандчӏвала гьез «сахгьарурал ва къачӏарал», жаниб рецӏцӏ ккарал, би чвахулел, чӏандеро бекарал, ай цӏакъ захӏматаб хӏалалде ккарал унтарал. Гьебги буго жалго бетӏергьанал кабинетазда хӏалтӏулел тохтурзабазул тӏаса-масагояб хӏалтӏул хӏасил. Гьезде дандеккун пачалихъалъул поликлиникабазда хӏалтӏи лъикӏ гӏуцӏун буго, гьениб букӏуна тохтурзабазул хӏалтӏуда хадуб кидагосеб халкквейги. Советияб заманалда стоматологиялъулаб хъулухъ сагӏат гӏадин хӏалтӏулеб букӏана. Жакъа пачалихъияб стоматологиялъулаб хъулухъалда хӏалтӏи гӏуцӏиги, гьелъул даражаги, ресу-къазе гьабулеб бигьалъиги гӏемерго хашлъун буго. Масала, СССРалъул заманалда инвалидазе, пенсионеразе кинабго хъулухъ чӏобого гьабулаан. Протезалги чӏорого лъолаан. Гьеб кумек хӏукуматалъ къотӏизабуна, амма гьелде хӏажат бугел мискинзаби абуни, республикаялда цӏакъ гӏемер руго.\n— Ца къачӏазе яги протез лъезе кколеб бугони, мунго лъихъе унев, дурго хъизамалъул чагӏи кире ритӏулел: пачалихъиял поликлиниказдейищ яги жалго бетӏергьанал чагӏазул кабинеталдейищ?\n— Жалго бетӏергьанал кабинетахъги хӏалтӏулел руго цӏакъ лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏарал, камилаб лъайги махщелги бугел специалистал. Масала, гьенир цо-цоязул бугеб визиограф абулеб аппараталъ мониторалъул экраналда рихьизарула флюорографиялъ цаби-гӏусазда жанир рихьизарулел киналго гӏунгутӏаби. Гьединго гьелъ бихьизабула цаялда пломба лъеялъул ва гьеб сахгьабиялъул даража. Пачалихъалъул цониги кабинеталда гьеб алат гьечӏо. Амма нижер тохтурзабазул лъай-махщел киназдаго лъала, гьезул хӏалтӏул даражаялда хадуб халкквейги жавабчилъиги чӏезабун букӏуна. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, щивав чияс жинцаго балагьизе ккола лъикӏаб клиника ва лъай-махщел бугев тохтур. Дицаги гьедин гьабула.\n— Чан сон байдал инсан цаби-гӏусазул тохтурасухъе ине кколев?\n— Лъабго-ункъо сон барабго, лъимер лъималазул поликлиникаялде, ай цабзазул тохтурасухъе бачине ккола. Рахьдал цабзазул тӏалаб гьабичӏого тезе бегьуларо. Гьел гьетӏун рижани яги гьезул хӏанчӏи (прикус) мекъи бугони, гъалатӏал тохтурасги ритӏизаричӏони, хадур рижулел цабиги гьединалго рукӏуна.\n— Ахирал соназда цаби ритӏизаризе ва гьезул гӏунгутӏаби рахчизе гӏолилаз цабзазда тӏад лъолел ортопедикиял капал, брекетал, скобаби гӏадал жалазул пайдайищ бугеб заралищ?\n— Брекетал гӏатӏидго хӏалтӏизарула, гьез лъикӏаб кумек гьабула цабзазул хӏанчӏи битӏизабизе, гьезул пайда ккечӏони, операция гьабизе ккола. Скобабаз ритӏизарула гьетӏарал ва мекъи рижулел цаби. Жидерго гьими берцинлъиялъе, цо-цо гӏолилаз цабзазда тӏад ххола пластмассая-лъул капаби, ай шинал. Гьел гьарула цебеккунго рахъарал цабзазул халипазда рекъон. Гьел кидаго цабзазда тӏад тезе бегьуларо, щайгурелъул гьезда гъоркь хутӏула кванил хутӏелал, хӏацӏу, гӏемерлъула заралиял микробал, гьелдалъун кӏалдиса квешаб махӏги бахъуна. Капаз кумек гьабула лъималазул цаби ритӏун рижизариялъе, амма гӏолилазе, хасго чӏахӏиязе гьезул кинабгӏаги хӏажалъи букӏунаро.\n— Цебе республикаялъул газетазда гӏемер хъвалеб букӏана профессор Мухӏамад Макъсудовас гьабзазда цӏиял цаби рижизарулеб къагӏидаялъул хӏалбихьиял тӏоритӏулел ругилан. Кватӏичӏого рес букӏине бугин гьеб къагӏида гӏадамазда цӏиял цаби рижизариялъе хӏалтӏизабизегиян. Жакъа гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб жого гьечӏо…\n— Рукӏана Макъсудовас цабзазул клеткабаздаса цӏиял цаби рижизариялъе тӏоритӏулел рукӏарал хӏалбихьиязул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби. Гьведул чӏандероялъул тӏомги къотӏун, рокьода тӏад гьес лъолаан таращалъул цаялдаса къотӏараб цо чанго клеткаялъул кесек. Гьелдаса цӏияб ца бижула, амма гьелда рокьолъе лъугьунел кьалбал рижизарун бажаричӏо, тӏадго бижараб ца, дагьабниги хӏалккани, бортун унаан. Рокьолъе кьалбал лъугьинчӏеб цаялъул пайда щибха букӏинеб? Къокъго абуни, гьел хӏалбихьиял рехун тана.\n— Жакъа Дагъистаналда ссиялда (модаялда) буго ресалда ругел чагӏаз, рокьолъеги кьурун, чӏухӏарал цаби лъолеб къагӏида (имплантация). Нилъер гьаниб гьеб хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб? Гӏадамал рази рукӏунищ гьединал цабзаздаса?\n— Имплантация ккола цӏакъ гӏадатияб операция. Дагъистаналда гӏезегӏан гӏатӏидго хӏалтӏизабула, чӏандероялде титаналъул магӏалги кьурун, гьезда тӏад чӏухӏарал цаби ххолеб къагӏида. Гьелъул цӏакъ лъикӏаб хӏасилги кколеб буго. Микьго-ичӏго соналъ цере дир гӏагарал чагӏаз лъурал имплантаздаса гьел рази руго.\n— Ахирал соназда, цебе букӏинчӏеб, щиб батӏияб-цӏияб жо бачӏараб стоматологияб хъулу-хъалде гъорлъе?\n— Гӏемерал ресазулал цифровиял алатазул, къуватал дарабазул ва материалазул кумекалдалъун тохтурзабазе рес щвана цаби сахгьариялъул, пломбаби ва цӏиял цаби лъеялъул хӏалтӏул даража борхизабизе. Гьединго тӏубанго «хӏатӏазда эхетана, чӏандероязда кьурун, чӏухӏарал цаби лъолеб цӏияб къагӏида»…\nЦере гӏадамал бор-машинаялдаса цӏакъ хӏинкъулаан. Жакъа стоматологасухъ руго унти къатӏизабулел къуватал дарабиги, цо укол гьабуни, бор-машинаялъ щиб операция гьабуниги, унтиги лъаларо.\n— Щивав чияс цаби-гӏусазе хъулухъ гьабула жиндаго лъалеб къагӏидаялъ. Стоматологияб гӏелмуялъ цаби-гӏусал кин рацӏцӏине кколин малъулеб?\n— Гӏемерисез цаби чурула цо-кӏиго минуталда жаниб, гьебги цебесеб рахъалда щеткаги лъулъан. Цаби рацӏцӏине ккола къватӏисанги жанисанги щуго-анлъго минуталъ. Цабзазда гьоркьоб къарал кванил хутӏелал нахъе гьаризе хӏалтӏизабизе ккола цабзазул кун. Цаби-гӏусал, кӏал сахго цӏуниялъе кумек гьабула эликсираз, кӏал ххулулел лъиназ.\n— Цаби-гӏусал унтарал чагӏазда щиб малъилеб, кинаб гӏакълу гьезие кьелеб?\n— Цо-цояз, жидеего гӏарац щвеялъул мурадалда, цаби-гӏусазул бакӏалда щагӏил коронкаби лъола. Цо кьибил бугел цабзазда тӏад гурони щагӏил коронка лъезе бегьуларо. Гӏусазда тӏад лъун гьел чӏоларо. Къокъго абуни, щагӏил коронкаби лъелалде цебе анцӏго нухалъ ургъизе ва лъикӏав специалистасда дандбазе ккола.\nЖалго бетӏергьанал чагӏазул кабинетазул аслияб масъала ккола гӏарац гьаби. Гьединлъидал, «зулму гуро, хӏал гуроян» абухъе, къваригӏел бугелги гьечӏелги хъулухъал гьаризе тӏамула. Цин ине ккола пачалихъалъул поликлиникаялде бугеб хӏакъикъат лъазабизе, гьениб ракӏрекъараб хъулухъ щвечӏони, жалго бетӏергьанал чагӏазул поликлиникаялдеги ине бегьула.\nНурмухӏамад Рохоев"}
{"slug": "3902-og-ruchchabi-ruchchabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3902-og-ruchchabi-ruchchabi", "title": "Огь руччаби, руччаби…", "date": "2019-03-11 11:52:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарул берцинай, бицинищ дурго?\nГӏанаби багӏарай, берал чӏегӏерай, магӏарул берцинай, бицинищ дурго. Хӏатӏида тӏадагьай, гӏинда цӏодорай, дир гӏащикъаб кочӏолъ ахӏилищ дур цӏар? (З. Хӏажиев)\nЩаялиго шагӏирасул гьал рагӏаби кидаго ракӏалдещола дида, руччабазул байрамалда цере. Цо-цояз гьеб байрамалъ чӏужугӏаданалда тӏадал ишал гӏемер гьарунин рикӏкӏаниги, бокьула дие микьабилеб март…\nБокьун буго дида цадахъ исана Махӏачхъала шагьаралъул «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» конкурсалда гӏахьаллъарал ва гьениб тӏоцебесеб ва кӏиабилеб бакӏ босарал Патӏимат Мухӏамадовалъе ва Элмира Жамаловалъе, микьабилеб марталъул байрамги баркулаго, дирго макъалаялдалъун боркьараб саламги кьезе.\nУчитель! Дур цӏаралда цебе…\nЩивав чиясул гӏумруялъулъ хасаб бакӏ ккола учителас, квешасги лъикӏасги, вокьулесги вокьуларесги. Гьесул лъимерлъиялъул ва гӏолиллъиялде тӏамурал тӏоцересел галабазул ракӏалдещвеязда гӏажаибаб мугьруги чӏван букӏуна учителас. Учитель ккола нилъер щивасе жиндирго талихӏалъул кескал рикьулев хӏикматав инсан. Живго учителасул гӏумруги берцин гьабула гӏемерал кесказдаса данде гьабураб талихӏалъул квацӏиялда.\nГьеб квацӏиялъги хӏикматал накъищал угьула гьесул къисматалда.\nГьайбатаб къисматалъул\nсвералабазда\nГьеле гьединаб гьайбатаб къисматалъ берцин гьабун буго Хунзахъ районалъул Харахьиса Элмира Жамаловалъул гӏумруги. Гьелъ абула лъималазул гьурмазда букӏунеб рохелалъ тӏамулила жий гъираялда гьелгун хӏалтӏизе.\nГӏемерал соназ гӏагараб росулъ хӏалтӏарай Элмира къисматалъ ячана Махӏачхъалаялде. Гьей хӏалтӏизе лъугьана тахшагьаралъул №8 лицеялде магӏарул мацӏалъул учительлъун. Байбихьудаго Элмираца жиндирго хӏалтӏулъ рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Шагьаралъул конкурсазда, фестивалазда, цӏалдохъабазул церерахъиназда, олимпиадабазда ва цогидалги тадбиразда гьелъие бергьенлъи щвечӏеб бакӏго хутӏун батиларин абизе бегьила.\nРехсезе рокьун руго гьезул цо-цоял. Элмира Насрудиновнаялъул цӏалдохъаби санайил церерахъу-на Магӏарул театралда рахьдал мацӏазул къоялде тӏоритӏулел тадбиразда. Гьелъул жиндиргоги буго махщел сценаялда ролал хӏазеги, кечӏ ахӏизеги, пасихӏго ракӏалдасан кучӏдул рикӏкӏинеги. Хӏалтӏул хӏасилалги хӏисабалде росун, республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ гьелъие кьуна баркалаялъул ка-\nгъатги шапакъатги. Амма бищунго кӏудияб шапакъатлъун учителалъ рикӏкӏуна цӏалдохъабазул гьурмазда жиндирго кумекалдалъун речараб гьимиги, рохелги, талихӏги. Гьеб киналъго кьолебги батила гьелъие къуватги жанги, тӏадегӏанаб даражаялда хӏалтӏизе. Гӏолохъанал учительзабазе кумекалъе Аваручитель сайталда гьелъ лъола жиндирго дарсазул, тадбиразул планал, разработкаби. Гьединго гьел рахъула магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъ къватӏире риччалел тӏахьаздаги.\nЭлмира Жамалова, магӏарул мацӏалъул учитель хӏисабалда, машгьурлъана республикаялда. Сана-йил лъабго-ункъо нухалъгӏаги гьей ахӏула ДИРОялде махщел камил гьабизе рачӏарал учительзабазе дарсал кьезеги.\nПатӏиматил гӏумруялъул магӏна\nРачӏаха гьанже учителалъул\nрекӏел чӏвабзаз рачунел ругел талихӏал сариназухъ цо лахӏзаталъ гӏенеккизе. Жиндилъ бугеб гьунарги лъималазде бугеб гӏащикъаб рокьиги гьанже гурони къватӏибе тӏатинчӏей, загьирлъичӏей Патӏи-матица асир гьаруна конкурсалъул жюриялъул киналго членал. Баккана магӏарул гъасда цоги бакъ, кунчӏана гӏажаибаб гвангъиялъул хӏикматаб цӏва. Дида абула дир киналго героял цӏвабзаздаги бакъ-моцӏалдаги релълъарал рукӏунилан. Амма дир гьел героял руго ракьалда. Гьединаз гвангъизабула, кунчӏизабула сверухълъи. Гьединал, бакъуегицин хинлъи кьолел цӏвабзаз рукӏкӏине толаро гӏумру. Гьезулъ бугеб гьеб балъго-лъиги бихьула гӏицӏго гьединазда. Гьеле гьединал рацӏцӏадал, гвангъарал гӏадамазул цояй Патӏиматица дир рекӏелъги тана жиндирго лъалкӏ.\nПатӏимат гьаюна Хунзахъ районалъул Гозолоколо росулъ. Заманалдаса гьелъул хъизан гочана Ленинкеталде. Ленинкенталъул № 35 гимназияги лъугӏизабун, Патӏимат цӏализе лъугьана ДГПУялъул филологияб факультеталде. Гьелдаса хадуй тӏадюссана гӏагараб школалде. Гьений Патӏимат хӏалтӏана 12 соналъ. 2012 соналда Ленинкенталда рагьана цоги цӏияб школа. Ва гьелдаса нахъе Патӏимат хӏалтӏулей йиго №2 школалда магӏарул ва гӏурус мацӏазул учительлъун.\nГьелъул цӏалдохъаби санайил гӏахьалъула «Букӏинеселде гали» абураб гӏелмияб конкурсалда ва росула цересел бакӏал. Гьединго гьел мустахӏикълъула бергьанлъабазе кучӏдул цӏалулезул къецаздаги, магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул олимпиадабаздаги. Абизе бегьула исанасеб цееяхъин жийго учителалъул букӏанин тӏоцебесебилан. Тӏоцебесеб бергьенлъи — Патӏиматил учителасулаб гӏумруялъул гӏидра-ялда тӏирщараб тӏоцебесеб тӏегьлъун хутӏила гьеб.\nЧӏужугӏаданалъе бищунго кӏудияб талихӏлъун ккола буцӏцӏараб, роцӏараб хъизан. Гьеб буго Патӏиматилги. Амма гьелдаго цадахъ жиндирго гӏумруялъул магӏналъун гьелъ рикӏкӏуна жиндир талихӏалъул хасаб бутӏалъун кколел цӏалдохъабиги.\nРакӏ-ракӏалъ баркула ракьцоял, ракӏцоял, ишцоял Патӏиматида ва Элмирада ихдалил тӏоцебесеб байрам — махӏ берцинаб 8 март. Гьарула гьезул гӏумру берцин гьабулел тӏугьдуллъун ругел лъималазе талихӏ-рохел. Биччанте даим гьезул бадисан гьимизе Патӏиматиеги Элмираеги талихӏалъул бакъги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3903-tso-chiyasukh-agi-bazharula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3903-tso-chiyasukh-agi-bazharula", "title": "Цо чиясухъаги бажарула", "date": "2019-03-11 11:54:51", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хъебалъ росулъ школа базе биччан буго 178 млн гъуруш\nРакӏунтун гӏодани, бецаб бадисаги магӏу бачӏунин абула магӏарулаз. Цӏунтӏа районалъул Хъебалъ росулъа Мухӏамадрамазан Гӏабдулкаримовин абуни гӏодичӏо, амма хӏаракат бахъана законазул тӏалабалги цӏунун, росдал школалъул масъала тӏубазабун. 2011 соналдаса нахъе районалъулги республикаялъулги батӏи-батӏиял идарабазде хьвадиялъул хӏасил ккечӏеб мехалда, гьес балагьана батӏияб нух — пикет. Гьес тӏалаб гьабулеб букӏана росдал школалъул мина къачӏайин яги цӏияб бакӏалда байин. «Нижер росулъ школа бана 1965 соналда. Гьелдаса нахъе цониги нухалда гьеб къачӏачӏо. Школалда цӏалулеб буго 80 лъимер. 2011 соналдаса нахъе дица чанцӏулго хитӏаб гьабуна райо-налъулги республикаялъулги пачалихъиял идарабазде, амма хӏасил ккечӏо», — ян бицана Мухӏамадрамазаница.\nЛъабцӏул гьарана\n2018 соналъул 18 апрелалда гьев вахъана РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялъул минаялда цевеги добго пикетгун. Пятигорскалда гьабураб пикеталъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Мухӏамадрамазаница: «РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялда цеве дун эхетун 10 минут балелдего дида аскӏоре рачӏана вакиллъиялъул\nхӏалтӏухъаби. Гьез дида абуна, мун жаниве ахӏулев вугин абун. Битӏараб бицани, дун инчӏо. Дие бокьун букӏана гӏадамаздаги журналистаздаги гьелъул хӏакъалъулъ лъазе. Жеги 15 минуталъ чӏана дун. Рачӏунел рукӏана гӏадамалги, Россиялъул, СКФОялъул регионазул, масала, Чачан Республикаялъул журналисталги, доба гӏумру гьабулел дагъистаниялги. Гьез кинабго ба-хъулеб букӏана видеокамераялдеги. Дагъистанияз абулеб букӏана, республикаялъул журналистал жидеда лъалин ва бахъараб материалги жидеца гьезухъе битӏизе бугин абун. Ана жеги 15 минут. Вакиллъиялъул хӏалтӏухъан вачӏана аскӏове ва жаниве вилълъаян кӏалъана дида. Гьебмехалдаги инчӏо дун. Аслияб мурад букӏана нижер школалда бугеб хӏал гӏадамазда лъазаби. Рукӏана цо-цо хӏалбихьиял, дир пикет политикияб рахъалде цӏазе хӏаракат бахъаралги. Путиние гьаркьал кьогеян ва цогидал ахӏиялгун кӏалъазе журана бакӏалъулал гӏадамазул цо-цоял. Амма дица гьезухъ гӏинтӏамичӏо. Лъабабилеб нухалда ахӏидал, ана дун вакиллъиялъул минаялъуве. Лъикӏ къабул гьавуна, хъвазабуна гӏарза, жидерго телефонал кьуна дихъе. Дир хитӏабалъул халгьабизе рагӏиги кьуна, дунги нахъе ана».\n— Хӏасил щибха ккараб?\n— Дихъе бачӏана президентасул администрациялдаса жаваб. Гьеб бачӏиналде дун кӏицӏулго гӏахьаллъана президентасул администрациялъул управлениялъул хӏалтӏухъанасулгун букӏараб видео-конференциялда. Гьенибего хитӏаб гьабун букӏун буго Мокъокъ росдал вакиласги – жидер школаги басра-лъун бугин, цӏалдохъабазегун учительзабазул гӏумруялъе хӏинкъи бугин абун. Амма гьезул хитӏабалъул хӏасил ккечӏо: жеги рес гьечӏин ралел школазул сияхӏалде гьоркьобе нужер школа босизеян абун жаваб кьуна гьезие. 2019 соналде гьеб сияхӏалде босун руго Хутӏрахъ росдал лъималазул ах бан бахъинабизеги Хъебалъ росулъ школа базеги.\nДРялъул Экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул министерствоялдаса бачӏараб жавабалда рекъон, нижер росулъ цӏияб школа базе бихьизабун буго ракьул цо гектар. 2019 соналде школа баялъе биччан буго 66 млн ва 2020 соналде – 70 млн гъурушги. Школа баялъе гӏаммаб къадаралда биччан буго 178 млн гъуруш. Дун ана рехсараб министерствоялде. Министрасги гьел баянал тасдикъ гьаруна. Гьенисан ана ДРялъул Ралел бакӏазул министерствоялде. Малик Баглиевасги абуна, подрядчиказул гӏуцӏабазухъе хӏалтӏи кьеялъул мурадалда тендер лъазабун бугин.\nНилъеразул «чӏанда»-хабар\n— Щай дуе гьеб, гӏемерав чияс баркала гьечӏеблъун рикӏкӏунеб хӏалтӏи?\n— Гьеб иш тӏаде босизе дун гьесизавуна гьадинаб хӏужаялъги. 2018 соналъул 23 июлалда дун ахӏун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул данделъиялде. Гьенир рукӏана ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумароваги, ДРялъул ралел бакӏазул министр Малик Баглиевги, Экономикаялъул, Финансазул ва цогидалги министерствабазул вакилзабиги, доб заманалда Цӏунтӏа районалъул бетӏерлъун вукӏарав Пахрудин Мухӏамадиновги. Гьез байбихьана, жидехъеги вачӏинчӏого, РФялъул президентасде щай хитӏаб гьабурабин цӏехезе. Уммупазил Гӏумаровалъ гьикъана щай вуцӏцӏун чӏун вукӏаравин абун. Дица гьелда абуна: «2015 соналда, ДРялъул бетӏерасда цее йигей инсанасул ихтиярал цӏунулей вакиллъун мун йикӏаго, дица духъе кьуна гьеб масъалаялъул бицараб хитӏаб. Щайха дуца гьелъие кинабгӏаги жаваб кьечӏеб? Дуца щибха гьабураб лъималазул масъала тӏубаялъе?» — ян. Школалда дарсал кьеялъе къварилъи гьечӏин абун цо жал рицине гьоркьове лъугьана Пахрудинги. Дунги къезе чӏечӏо – районалъул школазул 90 процент жагъалал ругеблъи чӏезабун бажарула дихъаян кӏалъана. Цоцазухъ ралагьахъдана гьел, гьегьал жал рицине байбихьана ва гьелдалъун хабарги лъугӏана. Республикаялъул нухмалъиялда гьединал хӏакимзаби рукӏаго, халкъалъул масъалаби тӏуразе рес гьечӏо.\nМоскваялде ахӏи байдал…\n— Президентасул администрациялъищ мун ахӏарав видеоконференциялде?\n— Гӏемерисев чиясда лъаларо, гьеб идараялъулгун битӏахъеяб бухьен гьабизе рес бугеблъи. Каспийскалда буго президентасул администрациялъул мобильнияб приемныялъул ункъо терминал. Цин гьениреги ун, хъвай-хъвагӏай гьабизе ккола ва хадуб, чӏезабураб къоялъ, гьенивеги вачӏун, администрациялъул хӏалтӏухъанасулгун гара-чӏвари гьабула. 27 июлалда букӏана диргун видеоконференция. Дицаги бицана бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса хадуб президентасул администрациялъул бербалагьиялде гъоркье босана росулъ школа бая-лъул суалги.\nШкола балаго, гьелде биччалеб гӏарцул хӏисаб гьабулеб мехалда, федералияб законалда рекъон, цо цӏалдохъанасе бихьизабула миллионгун 250 азарго гъуруш, гьеб росулъ яги шагьаралда балеб батаниги. Росдал школа баялъе цӏикӏкӏунцин кьола, щайгурелъул салиги, цементги, цогидабги рикӏкӏадаса баччизе кколелъул. Нижер школалъе биччараб гӏарцудаса цо капек добе-гьанибе кьуризе биччазе гьечӏо дица.\nГара-чӏвари гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "3907-gialimchiuzhuyal-ul-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3907-gialimchiuzhuyal-ul-khiak-al-ul", "title": "Гӏалимчӏужуялъул хӏакъалъулъ", "date": "2019-03-11 12:04:37", "categories": ["obshestvo"], "text": "Студентазул эбел, ишцоязул яц\nМадинал хӏурмат гьабула гьей гъваридаб лъаялъул, хӏеренаб каламалъул, ритӏухъай гӏадан йикӏиналъ\nЗагьид Хӏаживас хъвараб кочӏолъ ругел «Йорчӏа, магӏарулай, гӏелин кьижарай» абурал рагӏабаз магӏарул чӏужугӏадан ахӏулей йиго цӏияб гӏумру гӏуцӏизе, лъавукълъигун къеркьезе, жамгӏияб гӏумруялъулъ гӏахьаллъизе. Гьеб ахӏи гӏадахъги босун, жакъа гӏемерал руччаби рахун руго гӏелмуялъул, искусствоялъул, спорталъул борхалъуде. Гьединазул цояй, ай гӏелмуялъул кӏудияб борхалъуде яхарай гӏадан ккола Болъихъ районалъул Зило росулъа Мадина Мухӏамадоваги. Тӏаде щвараб руччабазул къоги баркулаго, бокьун буго цӏалдолезе гьелъул хӏакъалъулъги бицине.\nМадина гьаюна ва гӏуна Буйнакскалда. Захӏматго унтарав эмен тохтурзабаз хвасар гьавидал, Мадинаца ният гьабуна тохтурлъун яхъине. Гьеб анищ гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда, школа лъугӏун хадуй, цӏализе лъугьана Буйнакскалъул медучилищеялде. Училище лъугӏараб 1995 соналдаго цӏализе лъугьана ДГМАялъул педиатрияб факультеталде. Цӏалулеб заманалда Мадина йикӏана студенткаги, гӏодоркъоязда — Буйнакскалъул туберкулезалда данде къеркьолеб диспансералда хӏалтӏулей дежурнияй медсестраги. Цӏалул отличница гурейги, гьей йикӏана физиологиялъул ва лъималазул унтабазул кафедрабазул студентазул гӏелмиял кружоказул жигарай членги. Батӏи-батӏиял темабазда докладалгун цееяхъунаан студентазул гӏелмиял конференциязда. Багӏараб дипломалда академия лъугӏараб 2001 соналда, ДГМАя-лъул Гӏелмияб советалъ Мадина йихьизаюна аспирантураялде цӏализе йитӏизе, къотӏиги гьабуна, гьеб лъугӏидал, академиялде хӏалтӏизе ячӏине. Аспирантура лъугӏидал, ДГМАялъул ректор Гӏабдурахӏман Гӏусмановас гӏолохъанай медицинаялъул гӏелмабазул кандидат преподавательлъун хӏалтӏизе йосана. Гьелдаго цадахъ 2002 соналдаса нахъе гьей хӏалтӏана «Гиппократ» абураб сахгьариялъулгун унти чӏезабиялъул централда тохтур- дерматокосметологлъун, гьенибго анцӏго соналъ бачана дерматокосметологиялъул курсги. 2013-2016 соназда хӏалтӏана факультеталъул деканасул заместительлъун. Гьелъул жавабчилъиялда гъоркь букӏана педиатрияб факультетги. Жакъа Мадина Мухӏамадова ккола ДГМУялъул гӏаммабгун биохимиялъул кафедраялъул доцент, гӏелмияйгун педагогикияй хӏалтӏухъан.\nГьелъ тӏобитӏараб «Физиолого-биохимические особенности роста и развития детей Дагестана в зависимости от климатических и географических условий» абураб кӏудияб кӏваралъул гӏелмияб цӏех-рехалъухъ ректорас гьелъие кьуна гӏарцулаб премияги, цӏикӏкӏинабуна харжги. Гьелъул гӏелмиял хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ макъалаби рахъана Азербайжаналъул, Польшаялъул, Германиялъул, Франциялъул ва Россиялъул гӏелмиял журналазда. 2017 соналда къватӏибе бачӏана, ВУЗазул студентазе чара гьечӏого къваригӏунеб «Биохимия крови» абулеб гьелъул цӏалул тӏехьги. Басмаялда бахъизе хӏадурулеб буго лечебнияб, педиатрияб ва медико-профилактияб факультетазул кӏиабилел курсазул студентазе чара гьечӏого къваригӏунеб «Биохимия соединительной ткани» абулеб цӏалул тӏехьги.\nПреподаватель гурейги, жакъа гьей ккола ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул ва ОНФялъул экспертги, гьединго генерал-полковник Мухӏамад Танкаевасул цӏаралда бугеб гӏолилазе ватӏан бокьиялъулаб тарбиякьеялъул фондалъул правлениялъул ва «Биологический вестник» журналалъул редколлегиялъул членги. Гьелъул жигаралдалъун щибаб соналъ Махӏачхъалаялъул школа-интернатазда тӏоритӏула гурхӏел-рахӏмуялъулал акциялги.\nРакӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе гӏоло Мадина Мухӏамадова мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе, гьездаго гьоркьор руго РФялъул ва ДРялъул Хӏурматалъул грамотаби, дипломал, баркалаялъул кагътал ва гӏарцулал премиял.\nМадинал буго талихӏаб, цоцалъ гъункараб ва захӏмат бокьулеб хъизан. Гьей чӏухӏула жиндирго лъималазул бергьенлъабаздасаги. Вас Ибрагьимица щуйил къиматазда лъугӏизабуна кадетазул школа, бергьенлъиялда цӏалулев вуго медколледжалда. ДГМУялде щай вас лъугьинавичӏевин цӏехедал, гьелъ абуна: «Дие бокьула лъайкьеялъул кӏиго система: тӏоцебесеб — гьоркьохъеб, кӏиабилеб — тӏадегӏанаб. Дунго гьедин цӏалиялъулги лъикӏаб хӏасил ккана. Яс-Диана школалда цӏалулей йиго, гьелъиеги бокьун буго тохтурлъун яхъине». Мадинаца абуна лъималазе битӏараб тарбия кьеялда ва гьезул хасият-гӏамал куцаялда кӏудияб бакӏ кколила художествиял тӏахьаз. Гӏумруялда жаниб Мадинал лъугьун гьечӏо кинабгӏаги ракӏбухӏизесеб гӏунгутӏи, гьелъ киданиги бицунаро инсанасул ракӏ лъукъулеб рагӏи. Гьелъги батила, гьудуллъи гьабулеб ракӏ рагьарал, рагӏи кколел, хӏила-рекӏкӏ гьечӏел гӏадатиял гӏадамазулгун. Ишцояз ва студентаз Мадина Гӏалиасхӏабовна рикӏкӏуна мисалияй преподавательлъун ва лъикӏай насихӏатчӏужулъун. Гьелъ студентазе кумек гьабула гӏумруялда жаниб жидерго бакӏ батизе, бокьулеб иш гъваридго лъазабизе ва тӏасабищараб махщалил унго-унгояв специалист вахъине. Сундухъ нужее гьадигӏан цӏакъ Мадина Гӏалиасхӏабовна йокьулей абураб суалалъе студентазул батӏи-батӏиял жавабал рукӏана. Гьел цойиде рачани, студентазе Мадина йокьулей йиго гьелъул гъваридаб лъаялъухъ, хӏеренлъиялъухъ, ритӏухълъиялъухъ, агъаз бугей йикӏиналъухъ.\nДГМУялъул лечебнияб факультеталъул кӏиабилеб курсалъул студентазги гьарана жидер йокьулей мугӏалималда газеталдасан гьал рагӏабаздалъун байрам баркейилан:\n«Хӏурматияй Мадина Гӏали-асхӏабовна, изну кье нижее дуда баркизе ихдалил байрам, гьаризе дуе хӏалтӏуде гъира-жан, гьунара-лъулаб йоржин, дур студентазул бергьенлъабаздаса чӏухӏи, бакъуца къалъараб их ва талихӏ дуе. Нижеца дур къимат гьабула. Биччанте дур рокъоб кидаго ханлъи гьабизе парахалъиялъ ва рес буголъиялъ, рекӏелъ – лъикӏлъиялъ ва рокьиялъ. Биччанте дуца нижее кьолеб рокьи ва хинлъи лъабго нухалъ цӏикӏкӏун духъего тӏадбуссинеги».\nРахӏим Нурмухӏамадов"}
{"slug": "3933-tokhturasul-mal-a-kh-vaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3933-tokhturasul-mal-a-kh-vaj", "title": "Тохтурасул малъа-хъвай", "date": "2019-03-18 07:07:03", "categories": ["med"], "text": "Канлъи цӏунулел къагӏидаби\nАнлъабилеб марталда дунялалдаго кӏодо гьабуна глаукома унтуде дандечӏеялъул къо\nГлаукомаялде данде къеркьеялде кӏвар цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда, 2008 соналдаса нахъе гьелъул бицунеб къолъун бихьизабун букӏана анлъабилеб март. Глаукома ккола беразда жанисеб бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналдалъун лъугьунеб унти. Гьелъул хӏасилалда канлъиялъул нерв хола, канлъи дагьлъула яги тӏубанго беццлъула.\nУнти лъугьунеб куц\nЖеги лъазе кӏун гьечӏо глаукома лъугьиналъе гӏилла щиб кколебали. Беразул бидул тӏадецуй (ВГД) цӏикӏкӏанагӏан, канлъиялъул жаваб кьолеб нерв хола.\nГлаукомаялъул батӏи-батӏиял тайпабиги дандчӏвала. Гьезда гьоркьоб бищунго цӏикӏкӏун дандчӏвала рагьараб бокӏоналъул (открытоугольная) глаукома.\nДунялалдаго 2-3 % гӏадамазул глаукома унти буго. Россиялда 1,2 миллион чиясул глаукома унти буго. Глаукома лъугьиналъул гӏилла лъаларо, амма гьеб лъугьине рес буго\n40-ялдаса цӏикӏкӏун сонал рарав чиясул; гӏагарлъиялъул цогӏагиязул глаукома букӏун батани; ракӏ унтараб бугони; артериалияб гипертония яги гипотония бугони; гӏадал нах гьорой (мигрень) бугони; стероидал гьекъолел ругони.\nДару гьабичӏони беццлъизе рес бугеб захӏматаб унти жиб букӏаниги, глаукома бугев чияс гӏадатияб гӏумру тӏамизе бегьула. Офтальмологасул бербалагьиялда гъоркь гьоркьоса къотӏичӏого даруги гьабизе ккола.\nБеразул бидул тӏадецуй бугев чияс мехтизарулеб жо гӏемер гьекъезе бегьуларо. Хъалиян цӏалел чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда гьоркьобги унти ккеялда хӏинкъи буго. Бецӏаб рокъоб телевизоралъухъ ралагьизеги лъикӏаб гьечӏо. Спорталъулги кӏудияб кӏвар букӏуна глаукома бугесул чорхое. Гьединго унтарас гӏураб къадаралда кьижизе ва хӏухьбахъи гьабизе ккола.\nТӏубанго сахгьабизе кӏоларо\nГлаукома ккола гӏиллаго гьечӏого баккулеб унти. Гӏемерисезда лъаларо жидерго глаукома букӏин цӏакъго канлъи дагьлъараб мехалда гурони. Дару гьабулеб гьечӏони яги заман анагӏан глаукома бугев чиясул канлъи тӏубанго ссун инеги рес буго.\nСахал беразда жаниб гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏула берзул лъамалъи. Гьеб лъамалъи хьвадиялъул къагӏида хвани, лъамалъи бадибе бакӏарун хутӏула ва гьелъ берзул бидул тӏадецуй цӏикӏкӏинабула.\nГлаукома унтиялъе аслияб дарулъун ккола берзул жанисеб тӏадецуялда (ВГД) хадуб халкквей. ВГД ккезе биччачӏони, берзул канлъи цӏунизе бегьула. Жиндир заманалда ва битӏун диагноз лъезе кӏвани, унти лъалхъизабизеги кӏола.\nЛазералъулаб операция\nГлаукома унтуца тӏубанго беццлъизариларедухъ берзул жанисеб тӏадецуй дагьлъизабизе ва берзул унтараб нерв сах гьабизе бегьула. Беразул жанисеб тӏадецуй (ВГД) гӏодоцинабизе лъикӏаблъун офтальмологаз медикаментазулаб къагӏида бихьизабула. Гьел ккола бадире тӏинкӏулел дараби. Цо-цоязухъа гьеб къагӏида хӏалтӏизабун бажаруларо, глаукомаялде данде бадире тӏинкӏулел дараби багьаял рукӏунелъул ва гьел гьоркьоса къотӏичӏого гьаризе кколелъул. Дараби гьаруниги берал сахлъулел гьечӏони, лазералъулаб хирургиялъул къагӏида хӏалтӏизабула.\nРагьараб бокӏоналъул глаукомаялъе лазералъул операция гьабулаго, беразда жаниб букӏунеб лъамалъи кколеб хӏалалда хӏалтӏуледухъ лазералъул чӏоралъ гӏисинал къорал гьарула берзул цояб бокӏоналда ва гьелдалъун берзул бидул тӏадецуй дагьлъула.\nЦо-цо мехалда лазералъулаб операция гьабун хадуб заманалдасанги цӏидасан цӏикӏкӏине бегьула беразул жанисеб тӏадецуй. Гьеб мехалда операция гьабичӏого жо кколаро.\nК. Керимова, Р. Багьавудинова, М. Пайзулаева, Хӏ. Гӏ. Булачил цӏаралда бугеб республикаялъулаб офтальмологияб\nбольницаялъул глаукоматознияб централъул ординаторал"}
{"slug": "3934-rakalda-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3934-rakalda-l-alkial", "title": "Ракьалда лъалкӏал", "date": "2019-03-18 11:01:58", "categories": ["pismo"], "text": "Кечӏ букӏана маяклъун\nСайпулагьил юбилеялъулаб данделъи тӏобитӏана гьесул росуцояз, гӏагарлъиялъ\nКечӏ букӏана маяклъун\nСайпулагьил юбилеялъулаб данделъи тӏобитӏана гьесул росуцояз, гӏагарлъиялъ\nМахӏачхъалаялда, «Экзотика» залалда тӏобитӏана Шамил районалъул Ругъелда росулъа Гьитӏинамухӏамадов Сайпулагьил 70 сон тӏубаялъул тадбир.\n«Хӏакъикъаталъул» цӏалдолезда Сайпулагь щивали лъаниги, бокьун буго гьесул хӏакъалъулъ дагьабго калам гьабизе. Гьевин абуни ккола тохтурги мугӏалимги. Гьелдего тӏаде, Сайпулагь машгьурлъана шагӏир, журналист хӏисабалдаги. Гьеб рахъ гьесие цӏакъго хириябги буго. «Дун гьавураб къоялъ» абураб жиндирго кочӏолъги гьес хъвалеб буго:\nЦо-цо къварилъабаз къвал баниги щиб,\nКъисматалъ недегьго веэдана дун.\nДандеккунгутӏияз кеп кьечӏониги,\nКечӏ букӏана даим дие маяклъун.\n2014 соналда къватӏибе биччана Сайпулагьил «Къелестан» абураб тӏехь. Гьавураб бакӏ, ватӏан гьесие цӏакъ хириябги буго:\n— Дур ватӏан щиб? Дагъистан.\n— Гӏураб бакӏ щиб? Къелестан.\nЦоги:\nДагъистан — цӏвабзазул зоб\nКъелестан – гьениб цо цӏва.\nЦоги:\nКъисмат дудаса тӏураб,\nБатӏияб гьалъул гьечӏо.\nГьаб цо дур гъотӏол гӏаркьел,\nГьаб цо дур гӏурул рикьи.\n2019 соналда къватӏибе биччана кӏиабилебги тӏехь ва гьелдаги цӏар тана «Къелдерил сверуда» абун. Гьебги ккана хасаб сабаблъун гьеб тадбир тӏобитӏиялъе. Гьеб тадбир гӏуцӏана гьесул ракьцояз, гӏагарлъиялъ ва гьудул-гьалмагълъиялъ. Гьесул буго лъикӏаб тарбия щвараб 5 лъимер ва 13 лъимадул лъимерги.\nБищунго гьев чӏухӏулеб жо ккола ракӏбацӏцӏадал, живго гӏадал гӏемерал гьудулзаби. «Экзотика» залалдаги гьезул вакил камураб цониги росу букӏинчӏин абизеги бегьула. Рукӏана Гъуниб, Чӏарада, Болъихъ районаздасаги гьалмагъзаби. Кавказалъул хъвадарухъабазул клубалъул филиалалъул директор Насрулаев Мухӏамадица гьесул каранда бана «Золотая медаль Есенина за верность традиции культуры и литературы» абураб шапакъат. Шамил районалъул бетӏерасул рахъалдасан кьуна грамота ва гӏарцулаб сайгъат. Гьев кӏодо гьавизелъун гӏуцӏараб тадбирин абуни лъугьана унго-унгояб къелдерил «цӏадахъ руссенлъун», магӏарул годекӏанлъун.\nГьеб тадбиралда щивав гьоболасе, гьесул гьудулзабазе сайгъат гьарурал кучӏдул цӏалана гьесул лъималазул лъималазги.\nСайпула киданиги хилиплъичӏо жиндирго кочӏол мухъазеги:\nГьобол-гьудул хиралъи,\nРогьояб, тӏекъаб рихи,\nРитӏухъалда тӏадрекъей,\nКъадруяб ишин гьаниб.\nРугъелда росдал, ай гьев цӏалараб, гьес лъугӏизабураб школалъул музеялда хасаб бакӏги букӏине буго гьесул гьунар бихьизабулеб.\nМухӏамад Тӏайгибов,\nРугъелда школалъул директор"}
{"slug": "3935-gielmu-va-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3935-gielmu-va-giadamal", "title": "Гӏелму ва гӏадамал", "date": "2019-03-18 11:03:14", "categories": ["obshestvo"], "text": "Лъай бугелъуб цебетӏейги букӏуна\nГӏалимзабаз гьабураб цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго\nлъимадул гӏакълу эбелалъул гӏакълуялда бараб букӏин\nЧӏужугӏаданалъул аслияб ишлъун, хӏалтӏилъун, тӏадаб борчлъун кколин абула хъизан данде бачи, лъималазул тӏалаб гьаби. Гьелъул магӏнаги кколаро рукъалъул хӏалтӏи гьаби бугин аслияб ишилан абураб. Гьединго чӏужугӏаданалъул, исламияб диналда рекъонги, ихтияр буго жиндиего лъикӏав рос валагьизе. Амма, аслияб куцалда, гьеб иш тӏубазабула бихьиназ, гьез ялагьула лъикӏай, динияй гӏадан лъадилъун ячинеги. Щивав бихьинчиясул анищлъунги букӏуна лъималазе лъикӏаб тарбия-лъай щвезе бокьи ва бищунго жавабияблъун рикӏкӏунеб гьеб хӏалтӏиги тӏаде ккола руччабазде. Гьеле гьеб хӏужа ритӏухъ гьабун буго гьанжесеб гӏелмуялъги. Мухӏканго абуни, гӏелмиял цӏех-рехаз бихьизабун буго лъимадул гӏакълу, инсул гуреб, эбелалъул геназда бараб букӏунеблъи. Гьединлъидалин бихьинчиясда тӏадаблъунги кколеб лъикӏай, гӏакъилай гӏадан лъадилъун ячин. Лъадуейин абуни рос лъикӏав вугониги гӏола, батӏаго гьев гӏакъилав вукӏин шартӏ гуро. Палхӏасил, кинабго бухьараб буго генетикаялда. Инсанасул пикру гьабизе тӏамулел генаби хурхун рукӏунел руго руччабазул Х-хромосомазда. Руччабазулин абуни гьел рукӏунел руго кӏиго, бихьинчиясул — цо. Масала, эбелалъулги инсулги цо-цо Х-хромосомал ирсалъе щварай ясалъул гӏумру, инсул геназда бараблъун букӏинеги рес буго, амма васасе гьебго Х-хромосома щолеб буго гӏицӏго эбелалдасан.\nГӏалимзабаз ччорбазул цӏех-рехал гьаридал, баянлъун буго цӏикӏкӏарасеб къадаралда эбелалъул генаби щваразул гӏадалнахул цӏайи бакӏаб ва чорхол хӏалтӏи, къуват загӏипаб букӏин, амма гӏакълуялъул рахъалъ гьединал гӏемерго камилал лъугьунел рукӏин. Инсул генаби цӏикӏкӏун щваразул черх букӏунеб буго къуватаб, гӏадалнахул цӏайи – дагьаб мукъсанаб. Пикру гьабиялъул даражаги гьединазул букӏунеб буго загӏипаб. Гьелдаги гӏей гьабичӏого, гӏалимзабаз байбихьана гӏадалнахулъ ругел клеткабазулъ умумузул генаби кинаб къадаралда рукӏунелали лъазабизе. Инсул генаби клеткабазулъ цӏикӏкӏун ругез, аслияб куцалда, ургъел ва пикру гьабулеб батун буго кванилги жинсиял гьоркьорлъабазулги. Эбелалъул генаби цӏикӏкӏун ратаразе хасиятаблъун батун буго берцинго кӏалъай, кӏалъалалде цебе ургъи, цо щиб бугониги гьабилалде анкьцӏул борци, цебелъураб масъала гӏумруялде бахъинабизе хӏаракат бахъи. Гӏелмуялъ абулеб буго инсанасул гӏакълу нусабго проценталъ генетикаялда бараб гьечӏин. Гьеб бараб бугин гӏага-шагарго 50 проценталда. Хутӏараб бараб бугин сверухълъиялда, гӏумру гьабиялъул шартӏазда, лъимадуе кьолеб тарбиялда. Амма, гьебго заманалда, лъимер гӏакъилабги пикру гьабизе гьунар бугебги лъугьин гӏемерисеб бараб букӏунеб буго эбел-лъимадул хурхеналда, гьезда гьоркьоб бугеб бухьеналда. Гьедин бугониги инсуда барабги гӏезегӏан букӏуна. Лъимадул гӏакълу-лъаялъе, абизегӏанасеб бухьен инсул гӏахьаллъиялда бараб гьечӏониги, гьесул бажариялъги цо къадаралъулаб кумек гьабула лъимер пикру гьабулеблъун лъугьиналъе. Щайгурелъул хъизан-лъимал хьихьи инсуде тӏаде кколелъулха. Кигӏан гӏакълу-лъай бугей эбел йигониги, гьелъул къуват гӏоларо цого заманалда цадахъго рукъалъул хӏалтӏи нухда бачинеги, хӏажатаб сурсат балагьизеги, лъималазе тарбия кьезеги.\nГьаниб рехсечӏого гӏоларо цо гьадинаб тарихияб лъугьа-бахъинги. Цересел гӏасрабазда бусурбабазул улкабазда руччабазеги кьолеб букӏана лъикӏаб лъай. Гьеле гьеб заманалда жанибин абуни цӏакъго гӏемер рахъана бусурбабазда гьоркьоса машгьурал гӏалимзабиги. Гьелдаса хадуб, ай руччабазул хӏалтӏи рукъалъул бокӏнилъ бугинги абун, гьел цо ккураб коцонир чӏезариялъ ва руччабазе лъай босизе ихтиярал мукъсан гьариялъ исламиял улкабазда дагьлъана гӏалимзабазул къадар, къадарлъана гьезул цӏирагьиял. Исламияб дунял буссана питна-кьалазде ва жакъа къоялъги кӏолеб гьечӏо гьеб кӏичӏикьа хвасарлъизе. Бусурбабазул гӏелмиял хӏалтӏабаздасаги гьезул махщалидасаги пайдаги босун, Европаялъул гӏалимзаби церетӏуна, гьелдаго цадахъ Европаялъул улкабазда «рухӏги» речӏчӏана. Гьаб заманалдайин абуни гьеб иш дагь-дагьккун битӏа-бишун бачӏунеб бугин абизеги бегьила. Ракӏалде ккола чанго анцӏго соналдасангӏаги дунялго хӏайран гьабилин бусурбабазул гӏалимзабаз, гьезул гӏелмиял цӏирагьияз. Гьедин ккезе ккани, рукъалъул хӏалтӏабаздаса дагьал эркенги гьарун, руччабазе ихтияр кьезе ккола лъай тӏалаб гьабизе. Лъай бугел руччабаз гьарурал лъималазда гьоркьосалъидалха гӏалимзабиги гӏакъилзабиги рахъунел.\nФатима Манзур"}
{"slug": "3936-vystavka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3936-vystavka", "title": "Выставка", "date": "2019-03-18 11:04:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Сагӏтазул устарасул театр\nКаспийскалъул «Тӏоцебесеб галереялда» рагьана\n«Сагӏтазул устар Гӏабдула Мухӏамадовасул театр» абураб гӏадатияб гуреб выставка\nГӏабдула лъаларев чи Каспийскалда ватиларо. Ленинил ва Стальскиясул къватӏал цолъулеб бакӏалда бугеб Мухӏамадил сагӏтал къачӏалеб мастерскаялде щвечӏев чи къанагӏат ватила шагьаралда. Амма гьаб нухалда гьесулъ тӏатана суратал рахъизе бугеб махщел.\nГьавуна ва гӏуна Мухӏамад Каспийск шагьаралда. 1979 соналда цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялда бугеб гӏадамазе хъулухъ гьабулеб комбинаталде. Гьесие гьениб щвана «Сагӏтал къачӏалев устар» абураб махщел.\nАнцӏго соналъ цебе гьес байбихьана гӏагараб Балхар росдал гӏадамазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунел театралиял макетал гьаризе.\n— Насихӏатчи, лъикӏав гьудул, меседил тӏагӏелазул устар Малик Мусаевасул квербакъиялдалъун Мухӏамадилъ тӏатана цоги махщел, — ан абуна выставкаялъул куратор Жамиля Дагировалъ.\nЗаманалдасан гьединал макетазул кумекалдалъун Мухӏамадица нилъее рицина жиндирго гӏумруялъул тарихалъул хӏакъалъулъги.\nКаспийскалда выставка рагьана 16 февралалда ва халатбахъине буго 17 марталде щвезегӏан. Гьениб лъун буго хӏатӏулгун ххамил, кагътил, пластикалъул кумекалдалъун авторас гьабураб 50-гӏан хӏалтӏи.\nЗарипат Тӏагьирова"}
{"slug": "3938-raktsoyasul-bergenl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3938-raktsoyasul-bergenl-i", "title": "Ракьцоясул бергьенлъи", "date": "2019-03-18 11:10:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "1 марталда Москваялда бихьизабуна Камил Гӏалиевасул «Учитель» абураб кино\nГьеб ккола Камилил тӏоцебесеб кӏудияб хӏалтӏиги. Цебеги гьесул нухмалъиялда гъоркь къватӏире рачӏун рукӏана «Сант Луис», «Репортаж», «Къисас» абурал фильмал. Россиялда тӏоцебе гьес бахъана «Умумузул васигат» абураб проектги.\n«Учитель» кино халатбахъуна 40 минуталъ. Гьеб бахъулелъул, кьочӏое босун букӏана Дагъистаналда ккараб хӏакъикъияб лъугьа-бахъин. Кино бахъизе байбихьана 2018 соналъул риидал. Гьелда гӏахьаллъана 30 чи.\nКамил Гӏалиев ккола Тӏолгороссиялъул ва Халкъазда гьоркьосел кинофестивалазул лауреат. Гьесие щвана «Киномаяк» (2017), «Дир Дагъистан» (2017), «Вяткаялда дандчӏвай» (2018) кинофестивалазул шапакъаталги.\nКиноялъухъ халгьабизе рачӏун рукӏана культураялъул ва искусствоялъул хӏаракатчагӏи, режиссерал, актерал ва цогидалги. Киноялдаса хадуб режиссеразда, артистазда ва киноялъухъ балагьизе рачӏаразда гьоркьоб ккана киноялъул хӏакъалъулъ гара-чӏвари. Гӏемерал суалал кьуна Камил Гӏалиевасеги.\nКиноялъухъ балагьаразе цӏакъ бокьана гьелъулъ бугеб аслияб пикру, ургъизе тӏамуна жакъа нилъер жамгӏияталда церечӏун ругел суалазда тӏад.\nТадбир нухда бачунелъ бицана гьадинал фильмал рахъулелъул пачалихъалъ кумек гьабизе ккелин, кинематографиялъе квербакъиялъе Россиялъул президент Владимир Путиница тӏадкъанги бугила кинематография цебетӏезабиялъе программа гӏуцӏейилан. Гьелъие биччараб субсидия цӏикӏкӏинабун буго 1 млрд гъурушалъ. Гьеб программаялде гъорлъе ккезе буго Камил Гӏалиевасул хӏалтӏиги.\nТадбиралда гӏахьаллъарав «Анжи» футболалъул клубалъул президент Гӏусман Къадиевасги абуна гӏолохъанав режиссерасе кумек гьабизе бугин.\nКиноялъул аслияв багьадурасул хӏакъалъулъ социалиял гьиназда хъварал къваригӏел гьечӏел харбазул кьучӏалда гӏагарлъиялъулги цадахъ хӏалтӏулезулги жиндир хӏакъалъулъ пикру хисизабурав, гьез адабалдаса инкар гьабурав гьев тӏамула хвел тӏасабищизе.\nКиноялдаса хадуб гьелъул хӏакъалъулъ букӏараб гара-чӏвариялда Камилил эмен Мухӏамадсултӏан Гӏалиевас абуна:\n— Гӏун бачӏунеб гӏел куцазе ккола западалъул гурел нилъерго фильмаз. Нилъерго улкаялда букӏине ккола гьел куцалеб къебелъиги. Хӏаракат бахъизе ккола гӏолилал куцалел фильмал рахъиялъул хӏалтӏи цебе бачине. Гьелъие къваригӏуна пачалихъалъул рахъалдаса кумек. Гӏарацги кино бахъулезухъе щвезе ккола. Кӏудияб баркала гьаб тадбиралда гӏахьаллъаралщиназеги. Бажараралда гӏей гьабун рукӏинчӏого, церехун ине тавпикъ кьеги киназего. Гьединго баркала кьезе бокьун буго Москваялъул хӏукуматалъул вакилзабазе, Москва шагьаралъул Думаялъе, «Улкаялъул ирс» гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъе ва Россиялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул кидагосеб вакиллъиялъе, — ян.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "3992-tokhturasul-mal-a-kh-vaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3992-tokhturasul-mal-a-kh-vaj", "title": "Тохтурасул малъа-хъвай", "date": "2019-03-25 07:24:55", "categories": ["med"], "text": "Ибрагьимица хӏалтӏи чӏаголъизабуна\nРайоналда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул къадаралъухъ балагьун биччала больницаялъе ФОМСалъ гӏарац\nШамил райбольницаялъул бетӏерав тохтурлъун Халилов Ибрагьим тӏамуралдаса жеги лъагӏелцин сверичӏо. Амма къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана гьенир гӏемерал хиса-басиял гьарун. Гьес гьабураб ва гьабизе бугеб хӏалтӏулги бицун, нижер мухбир Сайпула Гьитӏинамухӏамадовас гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.\n— Ибрагьим, мун гьаб хӏалтӏуде вачӏиналъе гӏилла щиб ккараб?\n— Танка Ибрагьимов министрлъун вугеб мехалъ, дидаги гьикъичӏого, гьабун батана хӏукму дун Гьидалъ участкаялъул больницаялде бетӏерав тохтурлъун витӏизе. Гьесдаги гьеб жамагӏаталъ гьарун букӏун буго. Гьедин Тӏидив хӏалтӏулев вукӏарав дун цӏияв министрас гьаниве витӏана.\n— Мун хӏалтӏуде лъугьаралдаса гӏемер заман инчӏониги, бихьулеб буго больницаялда чӏаголъи лъугьинабизе дуца бахъулеб бугеб хӏаракат. Сундаса хӏалтӏи байбихьараб, щиб гьабизе кӏвараб ва хадубккун сунде кӏвар кьезе бугеб?\n— Вачӏун мех балелдего, байбихьана батӏи-батӏиял идарабаздаса халгьабулел чагӏи рачӏине. Гьез тӏалаб гьабулеб жоги буго законалда рекъон хӏалтӏи. Къокъабго заманалда жаниб щвана росабазул ФАПазде, амбулаториязде, больницабазде. Киса-кибего гьабуна инвентаризация, балагьана гӏолареб жо щиб бугебали. Кӏвар кьуна лъималазул диспансеризация гьабиялде. Росабалъе инеги, цӏиял стандартазда рекъон хӏалтӏи тӏалаб гьабизеги гӏуцӏана тохтурзаби-специалистазул кӏиго бригада. Районалъул больницаялда лъималазул отделениялда гьабуна капиталияб ремонт. Тӏаде росана гӏоларого рукӏарал специалистал. Гьел жеги росизеги руго. Ракӏалда буго гьоркьохъел медхӏалтӏухъабазул аттестация гьабизе, кӏвар кьолеб буго, МФЦялъул ресаздаса пайдаги босун, тохтурзабазухъе унтарал цереккунго иргаялда цӏарги хъван рачӏунеб къагӏида гьабизеги.\n— Хӏалтӏи лъугьине ккани, хӏажалъула санагӏатал шартӏал, тӏадкъараб иш тӏубалеб коллектив, щулияб материалиябгун техникияб база. Гьеб рахъ кинха бугеб?\n— Материалиябгун техникияб база хӏажат буго цӏигьабизе. Коллектив лъикӏаб буго, амма тӏадкъалел ишал гӏемерлъун руго. Дирго хӏалтӏул график босани, дица медхӏалтӏухъаби тун, гӏадамал къабул гьаризе чӏезабун буго хасаб заман, ай къад сагӏат 2-ялдаса хадуб. Амма гьел гӏемерлъиялъ жеги заман халатбахъинабизе ккола. Кадрабазул бицани, хӏажат руго кардиологгун терапевт. Жакъа хӏалтӏулел тохтурзабиги руго ригь арал.\n— Шамил райбольницаялъ къабул гьарулаан мадугьалихъ ругел районаздасаги унтарал. Гьезие кумек гьабизеги гьел сах гьаризеги квалквал бугищ?\n— Хехаб кумек гьабизе щибго квалквал гьечӏо. Амма гьанир регун сахгьаризе ккани, унтарасухъ букӏине ккола гьес гӏумру гьабулеб районалъул больницаялъул бетӏерав тохтурас мугьруги чӏвараб, гъолбасги гьабураб кагъат. Яги, гӏарзаги, паспортги, полисги росун, цоги районалъул чи вачӏине ккола, гьаб соналъ жиндие медицинаялъулаб хъулухъ гьабейин гьанибиланги абун. Районалда ругезул къадаралъухъ балагьунлъидалха ФОМСалъ гӏарац биччалеб. Чанго районалде унеб нухда бугеб бакӏ букӏиналъ, Шамил районалъул больницаялда буго компьютерияб томографги. Гьелде хӏажалъи ккаралги гьанире рачӏине бегьула.\n— Ибрагьим, жакъа районалда гьечӏо эпидстанцияги, тохтурзабазе бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабизе хӏалтӏуларо бакӏалъулаб телевидениеги. Профилактикиял хӏалтӏабазул, профпрививкабазул иш кинха бугеб?\n— Профпрививкабазул иш лъикӏ букӏинчӏо. Гьебги гӏадлуялде бачине кӏвана медхӏалтӏухъабаз школазда, мажгитазда, росабалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабун хадуб. Руго росун хасал термоконтейнералги. Щибаб бригадаялда цадахъ росабалъе уна райэпидемиологги. Цогидал районазда гьечӏеб, амма нижер бугеб жо ккола 1000 тиражгун щибаб моцӏалъ къватӏибе биччалеб, унтабаздаса цӏуниялъулги, кванилги, рукӏа-рахъиналъулги хӏакъалъулъ гӏемерал пайдаял макъалаби рахъулеб ва щибаб идараялде, щибаб росулъе щвезабулеб «Сахаб гӏумруялъе гӏоло» абураб газетаги. Гьенисан кӏалъала тохтурзаби-специалисталги, бицуна халкъияб медицинаялъул хӏакъалъулъги, гьарула пайдаял малъа-хъваялги.\n— Районалда гӏумру гьабун вугев чи рикӏкӏун биччала больницаялъе ФОМСалъ гӏарац. Гьезго кьолеб буго планги, цадахъго гьеб тӏубайги тӏалаб гьабулеб буго…\n— ФОМСалъ гӏарац биччала гӏадамазул къадаралде балагьун. ФОМСалъул базаялда вуго 18 азарго чи, статуправлениялъул баяналда рекъон – 29 азарго чи. Гьез биччараб гӏарцул 80 процент уна хӏалтӏухъабазе харжал кьезе. Хутӏараб 20 процент — дараби ва квен-тӏех босизе. Дун хӏалтӏуде лъугьараб мехалда, больницаялда хадуб батана 14 млн гъуруш налъи. Жакъа гьелъул къадар ккезабизе кӏвана 9 млн гъуршиде. Планги нижеца 100 проценталъ тӏубала.\n— Райадминистрациялъ, Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ кумек гьабулищ?\n— Къваригӏел ккараб дандбала, гьикъула. Районалъул бетӏерасги цӏехола хӏажатаб, гӏолареб жо. Гьес министерствоялде заявкаги кьуна хехал кумекалъул машинаби тӏалаб гьабунги. Минздравалъул коллегиялдеги вачӏун, гьесго лъазабуна районалде хӏалтӏизе рачӏунел тохтурзабазе ракьул участкабиги кьелин, ясли-ахалде лъималги росизарилин, рес бугел бигьалъабиги гьарилин. Хирургиялъул корпусалъул жеги «зеленка» гьабун гьечӏо. Гьелъиеги кумек гьабилин абуна. Росдал магӏишаталъул министерствоялъ районалда бан буго 3 ФАП. Гьелин абуни жеги балансалде кьун гьечӏо. Гьелъиеги кумек гьабулеб буго. Министерствоялъги кумек гьабиларищха. Къваригӏанщинахъе ахӏула гьениса специалистал. Нижер хӏалтӏуе лъикӏаб къиматги кьолеб буго. Исана августалда гьаниб тӏобитӏизе буго министерствоялъул коллегияги.\n— Ибрагьим, ахиралдаги, щиб абилеб газета цӏалулезда?\n— Рацӏцӏалъи цӏунейилан абила. Рищни-къул балеб буго кӏкӏалабахъе ва гьебги кколеб буго нилъеца гьекъолеб лъелъе. Хадубги абила, лъималазе прививкаби гьаричӏого тоге, диспансерияб халгьабизе тохтурзабазухъе рачӏине кӏвахӏаллъуге. Цо-цоязул ратулел руго басриял полисал, гьелги хисе. Районалда руго гӏемерал инвалидал. Гьезие рукӏуна рихьизарурал дарабиги. Амма гӏемерисез гьезул бакӏалда гӏарац босулеб буго. Исана гӏемераб гӏарац биччан буго инвалидазе кьолел дараби росизе. Инвалидазе хӏажатал дараби щвезе ккани, тохтурзабазухъеги рачӏун, лъазабизе ккола заявка кьезе букӏине."}
{"slug": "3995-giabdulal-kochiol-tiogal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3995-giabdulal-kochiol-tiogal", "title": "Гӏабдулал кочӏол тӏогьал", "date": "2019-03-25 07:40:37", "categories": ["lit"], "text": "Халкъалъ къабул гьавурав кочӏохъан\nМагӏарул кечӏ. Унго-унгоги дулъ бугеб къуват. Дуца квелъ барал анищаз гӏанлъула гӏумруялъул бураназдагицин хӏеккинабизе кӏолареб инсанасул ракӏ. Цин гӏурул рагӏалде рехула дуца, цинги, гьелъул карачелазулъ лъедолелъул, хӏеренго, недегьго баунги толеб куц дуца. Ботӏрода саву ккарал херазул къасдазулъги рещтӏуна мун, гьанжего гьанже гӏищкъул нухдасан унезул пикрабаздаги кверщел гьабула дуца, рокьи тӏубачӏезда цадахъ гӏодизеги гӏодула мун. Дур гъасда магӏарулазда батула къисматалда кьезе кӏвечӏеб хинлъиги, хивалазе чӏаголъиги, чӏунтараб ракӏалъе дарманги. Амма жакъа гьениб жидеего бакӏ балагьулел ругел магӏаруллъиялъул яхӏги махӏги гьечӏел чӏорогоял кучӏдузул кӏетӏей гӏемерлъулеб буго. Духъа изнуги босичӏого, гьенир рещтӏунел гьез щибго кеп кьолеб гьечӏо гӏенеккаразе. Гьединал «цӏвабзаз» хӏаракат бахъулеб буго мун кьеризабизе.\nАмма рорхатал мугӏрузда пархолел пахруял цӏумазул кваркьабазда гъоркь бугеб мун цӏунулезул цояв ккола гьал къояз редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏарав Гӏабдула Мухӏамадмирзаев.\nРорхатал мугӏрузул Чӏарада районалдасан гъулгъулаго чвахулеб Къаралгӏоргун цадахъ магӏаруллъиялдаго тӏибитӏана Гӏабдулал кечӏ. Гьениб борха-лъудасан боржана гьеб магӏарул кочӏол гъасде. Цин гьесул кочӏое хъатчӏвана гӏагараб Сачада росдаде тӏаде къуларал мугӏрул-щобаз, хадуб — гьеб кочӏол гьаракь гъугъана магӏарулазул ракӏазулъ.\nГӏабдулаца пандрида рачунел бакъназ лъил каранлъ цӏа бакичӏеб, гьесул щвантӏихалъул сариназухъ гӏенеккидал, лъида ракӏалдещвечӏеб йокьулелъухъ инагьдулеб талихӏаб заман? Мандолина, балалайка, аргъан ва ахиралдаги — эстрада. Гьеб киналъулго кумекалдалъун, гьелде тӏадеги — гӏадамаз чӏвалеб хъатил гъугъаялъги босун лъуна Гӏабдула Мухӏамадмирзаевасул кечӏ жакъа жиб бугеб тӏадегӏанлъиялда.\nЛъимерлъиялъул лъалкӏал\n1969 сон. Анкьго сон барав Гӏабдула тӏоцеве гӏахьаллъана Цӏуриб тӏобитӏулеб букӏараб кочӏол конкурсалда. Гьеб букӏана магӏарул кочӏол кӏудияб дунялалде вукӏинесев кочӏохъанас тӏамураб тӏоцебесеб гали. Гьелдаса хадуб чанги гӏахьаллъана Гӏабдула районалда тӏоритӏулел конкурсазда.\nГьес микьго класс лъугӏизабуна росдал школалда. Цинги хъизан гочана Буйнакск шагьаралде. Гьенив Гӏабдула цӏалана техникияб училищеялда ва щвана фрезеровщикасул махщел. Гьелда рекъон, хӏалтӏиги щолеб букӏана. Амма ракӏалъ цӏалев вукӏана кочӏолаб дунялалде. Ва Гӏабдула цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде Г. Гӏалиевасул цӏа-\nралда бугеб музыкалияб училищеялде. Гьитӏинав Гӏабдула кидаго пана гьавулаан росуцояв, кочӏохъан Мухӏамад Абакаровасул кочӏоца. Гьеб паналъиялъул асирлъудаса рорчӏизе кӏвечӏел гьесул анищал-пикраби кечӏлъун чвахулел руго гьанжеги.\nМахщел цӏубалеб гӏужалда\n1987 соналда Гӏабдула хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул кьурдул ва кочӏол ансамблялде. Хӏалтӏана гьев Дагъистаналъул пачалихъалъулаб филармониялда, «Ай-Лазат» ансамблялда. Ахӏана гьес кечӏ ГТРКялда цебе гӏуцӏараб хоралдаги. Цеве ва-хъана вокалиябгун кьурдул «Дагъистан» ансамблялда цадахъги.\nДагъистаналъул мустахӏикъав артист, Дагъистаналъул халкъияв артист. Жакъаги гьев вуго халкъгун цадахъ, гьелъул къварилъи-рохелги гӏахьал гьабун.\nКӏочонарел лахӏзатал\nБицана Гӏабдулаца рекӏелъ рукъ ккун хутӏарал цо-цо сапаразул хӏакъалъулъги.\n— «Магӏарулал» квартетгун цадахъ дун гӏахьаллъана улкаялъул тӏоцебесеб каналалъул «Республикаялъул чӏухӏи» абураб программаялда. Гьениб нижеца ахӏана Хӏамзатил Расулил рагӏабазда кечӏ. Гьединго Дагъистаналдаса артисталгун, республикаялъул\nбетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповгун, культураялъул министр Зарема Бутаевагун ва цогидалги жамгӏиял хӏаракатчагӏигун цадахъ гӏахьаллъана Расулил 90 сон тӏубаялъул байрамалда хурхун Москваялда тӏоритӏарал тадбираздаги. 2008 соналъул 13 октябралда рес щвана Москваялда тӏоритӏулел Дагъистаналъул культураялъул къояздаги гӏахьаллъизе, — ян бицана гьес.\nГӏабдулал кочӏохъ гӏенеккана Россиялъул батӏи-батӏиял регионазда ва шагьаразда.\nЧвахе, магӏарул кечӏ\nГӏабдула Мухӏамадмирзаев ккола халкъалъ къабул гьавурав кочӏохъан.\nГьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго «Лезгинка» ансамблялдаги (халкъиял инструментазул оркестр), Магӏарул театралдаги (цӏиял пьесаби лъолелъул, гьезие бакънал рачуна), Дагъистаналъул операялъул ва балеталъул театралдаги. Гьев тӏоцеве гӏахьаллъана «Хочбар» операялда. Гьединго Гӏабдула магӏарулазда вихьула Магӏарул театралда тӏоритӏулел тадбираздаги. Гьев ккола чӏарадисезул машгьураб хора-лъул гӏахьалчиги. Чӏагояб гьаракь къанагӏалъараб магӏарул кочӏол хӏикматаб дунялалъе Гӏабдулал кечӏалъ кьола хасаб канлъи.\nБицана Гӏабдулаца Хӏамзатил Расулилгун букӏараб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги.\n— Чанги щвана дун шагӏирасул рокъове. Ахирисеб дандчӏваялда гьев унтуца загӏиплъун вукӏана. Ва гьес нижеда, гьесухъе щвезе арал гӏолохъабазда, абуна хун хадувги, рехун тоге живилан. Тӏубазабунин кколаха дица шагӏирасул васигат — чанго нухалда тӏадвуссана гьесул шигӏрабазухъе, — ян абуна гьес.\nГьединго Гӏабдулаца кучӏдул ахӏула Цӏадаса Хӏамзатил, Махӏ-мудил, Гӏумархӏажи Шахтамановасул, Хӏажи Гъазимирзоевасул ва цогидалги шагӏирзабазул рагӏабазда. Цӏакъ рокьула халкъиял рагӏабиги.\nКочӏохъанасул насихӏатазухъги гӏенеккулаго…\nГӏабдулал рахӏат хвезабун буго магӏарул кочӏол жакъасеб дунялалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ. Ракӏбакъван бицана гьес, фонограммаялда гъоркь гурони, кечӏ ахӏун бажаруларел халкъиялги мустахӏикъалги артистазулги, ахӏулеб кочӏол магӏна сан гьабуларел гӏолилазулги, гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьолелъул, аскӏоре гӏагарлъизе тезе бегьуларел, нич бахъарал кучӏдузулги хӏакъалъулъ.\n— Жакъа халкъалъ къабул гьарулел, гьез хъатчӏваялъул квербакъи-ялдалъун тӏадегӏанал цӏарал щварал кочӏохъабицин рикӏкӏалъулел руго гьелдаса. Гьале цо мисалги. Магӏарул театралда тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул фестивалалда гӏахьаллъичӏо гьел кочӏохъаби. Гьениве щивниги ахӏунги вачӏун вукӏинчӏо. Ахӏизейищ кколел нилъерго байрамалде. Ахӏун ругьунал гьезие рогьолъун букӏун батиларищха ахӏичӏого рачӏине. Гьел ругьунлъун руго жидеего лъикӏаб мацӏ бицине гӏадамал тӏамиялде. Жидерго церерахъиналги «плюсовкабаз» тӏуразарун рукӏунел гьезие щибго щолареб фестиваль щайха къваригӏараб? — илан абуна гьес.\n— Дида цоги бичӏчӏана — концертазде рачӏараз кӏвар кьолеб гьечӏо ахӏулел рагӏабазде, кигӏан пашманаб кечӏ ахӏулеб бугониги, «гьай-гьуйилан» ахӏи балел рукӏуна. Кьураби рорлъизеги, бищунго гучал гӏумруялъул карачелазде дандегицин лъедезе къуват бугеб магӏарул кечӏ щай загӏип гьабулеб бугеб? Гьелда\nтӏад ургъизе кколезеги ургъел гье-чӏони, хутӏаралги, жидедаги хъвагеги хъвартӏиги тӏагӏунгегиян ругони, дир гӏелалъул кочӏохъабиги цереса ани, кӏкӏабтӏилъ къалагури магӏарул кечӏ, — илан тӏадеги жубана гьес.\nДагьалъги хӏалуцун бицана гьес гӏун бачӏунеб гӏелалъе рахьдал мацӏалъул гьечӏеб ургъелалъул.\n— Концерталда рагӏабазухъ гӏинтӏамунгутӏи ккола рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул гӏаламат. Гьединазда кинха лъалеб магӏарул концерталъул тӏагӏамги. Гьеб киналдего кӏвар кьолеб букӏарабани, эбелалъул хӏакъалъулъ кечӏ ахӏулеб мехалъгӏаги, гьезул бадиса магӏил гарал гирилаан, — илан угьун биччана Гӏабдулаца.\nБице, гӏагараб миллат…\nЖеги гӏемераб жоялъул бицана гӏагараб заманалда рахънибе ккезабизе захӏмалъизе бугеб жакъасеб магӏарул кочӏол хӏакъалъулъ нижерго пикрабиги гьурщулаго.\nБице, гӏагараб миллат, лъица цӏунизе кколеб дур кечӏ!? Рахьдал мацӏалдаса инкар гьабуразул къорикье ккезехъин бугеб Дагъистаналъул къисмат кинабдай букӏинеб!? Бугебдай нилъер щивасул рекӏелъ «Дир Дагъистан» абураб цӏакъго къиматаб каламалъе цо гьитӏинабниги бакӏ!?\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "3996-nukhlulaze-giansa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3996-nukhlulaze-giansa", "title": "Нухлулазе гӏанса", "date": "2019-03-25 07:44:07", "categories": ["history"], "text": "Талихӏалъул кӏул\nГьаб дунялалде вачӏанщинав инсанас чӏамизе буго хвалил кьогӏлъи\nХвел\nТӏадегӏанав Аллагьасул Каламалда буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогӏлъи чӏамизе ккезе букӏиналъул хӏакъалъулъ хъван (7:34). Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахӏмат. Щайгурелъул рукӏунелъулха гӏадамал, гӏемер хӏинкъиялъ хӏакъикъаталдаги хвезегӏан чӏечӏого, нусцӏул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тӏаде щвечӏого хвезе гьечӏеблъиги, болжал щведал, кигӏан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.\nАллагьги кӏочон тун, гӏумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечӏеблъиги хӏакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магӏишаталъ инсан талихӏавлъунги гьавуларо. Гьеб буго, цӏараб болжал лъугӏидал, расги лъачӏого тӏаса унеб, тӏагӏун унеб жо. Ракӏбацӏцӏадал, лъикӏал гӏадамазул хӏакъалъулъ тӏахьал цӏалидал, якъинго бичӏчӏула гьадинаб кӏиго хӏужа:\n1. Аллагьасде руссиналъул бакӏалда бечелъи-ялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукӏарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гӏиллалъунги чӏола гьединазул талихӏкъиналъе.\n2. Аллагь ккурал, Аллагьасе мукӏурал, Аллагьасул рахӏмат-цӏоб щвеялъул мурадалда гӏумру тӏамулел Аллагьасги ккола ва кӏодоги гьарула. Гьединал кӏиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихӏаллъунги рукӏуна.\nПиргӏан вукӏана кверщел кодосев, гӏемераб бечелъиялъул бетӏергьан. Салманул Фарисийин абуни вукӏана мискинчи. Амма гьел кӏияздаго гьоркьоб хӏакъикъаталдаги бугеб кӏудияб батӏалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам Бетӏергьанас цӏакъго гӏодобегӏан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тӏадегӏан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго Хӏалкӏолев, Гӏакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.\nСабру гьабурасе — рохел\nСалат-салам лъеяв аварагасда гьикъидал, балагьал тӏаде риччан, Аллагьас хӏалбихьулел щал кколелин абун, гьес жаваб гьабуна: «Аварагзаби, Аллагьасул вализаби, Аллагьасде цӏикӏкӏун гӏагарал», — ан. Нилъеда лъазе ккола, аварагзаби, вализаби мунагьал гьечӏел, ай рацӏцӏадал ругониги, гьезде рачӏунел балагьал-унтаби гьезул даража цӏикӏкӏиналъе рукӏин. Талихӏавги гӏакъилавги чиги ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва, кинаб букӏаниги балагь-къварилъи тӏаде бачӏиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хӏели балев. Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хӏалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцӏи нахъе босиялдалъун, нужеде тӏаде батӏи-батӏиял унтаби, хвелал ри-ччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магӏишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кӏудияб рохел буго Аллагьасда аскӏоб», — ан. Ибну Гӏаббасица бицана, гьаб рехсараб аят рещтӏараб мехалъ, салат-салам лъеяв аварагас абунин: «Дир напс жинда кодоб бугев Аллагьасул цӏаралдалъун дун гьедула, цо бакӏ хъарсарабгӏан ялъуни хӏетӏе хъущтӏарабгӏан, къаркъала сорорабгӏан къадаралдацин балагь-къварилъи бусурманчиясде тӏаде бачӏунаро, гьесул мунагь чуризелъун гурони», — ян.\nЦоялъухъ кӏиго\nМухӏамад бин Муслим абурав асхӏабас бицараб хӏадисалда буго: «Цо пуланав чи, аварагасухъеги вачӏун зигардана, жиндир боцӏиги лъугӏанин, лага-черхги унтанин абун. Цинги хирияв аварагас гьесда абуна: «Къаркъалаги унтуларев, боцӏиги дагьлъуларев лагъасулъ лъикӏлъи гьечӏо. Тӏадегӏанав Аллагьасе лагъ вокьараб мехалъ, Гьес балагь-къварилъиялде ккезавун гьесул хӏалбихьула ва сабру гьабизе тӏамула», — ян. Ибну Мубаракица бицана: «Аллагьас тӏаде биччараб балагь цо букӏуна, гьелда сабруги гьабичӏого, лагъ зигардани, гьелъул кӏиго балагь лъугьуна: тӏоцебесеб — тӏаде биччараб балагь, кӏиабилеб – гьеб балагьалъухъ кьезе хъвараб кири Аллагьас нахъе боси», — ян.\nАллагь разилъаяв Абу Дардаица бицана: «Гӏадамазе мискинлъи бокьуларо, дие гьеб бокьула, гьезие хвел бокьуларо, дун кидаго хвалиде гӏишкъуялда вукӏуна, гьел унтиялдаса хӏинкъун рукӏуна, дица, унтараб мехалъ, Аллагьасе шукру гьабула. Дие мискинлъи бокьула, гьелдалъун, Аллагьасе тӏагӏат гьабун, хӏелизе бигьаяб букӏиналъ, дие унти бокьула гьеб дир мунагьал чуриялъе сабаблъун букӏиналъ, дие хвел бокьула дир Аллагьасухъе ине бугеб гӏишкъуялъ», — абун.\nЗахӏмалъиги бигьалъиги\nСалат-салам лъеяв аварагас абун буго: «Мискинлъи — дунялалда захӏмалъи буго, ахираталда — бигьалъи буго. Бечелъи — дунялалда бигьалъи буго, ахираталда — захӏмалъи буго», — ян. Къадисиялъул гъазаваталдаса хадуб, бусурбабазе щвараб гъанимаялде тӏадеги къулун, Гӏумар-асхӏаб гӏодулев вихьидал, Гӏавфил вас Гӏабдурахӏманица абула: «Я, муъминзабазул бетӏер! Гьаб буго бусурбабазе давла щвараб рохалилаб къо, мун щай гӏодулев вугев?» — ан. Гӏумар-асхӏабас абула: «Дуца бицунеб битӏараб буго, кинниги гьаб бечелъи гӏадамазухъе щвечӏо, гьелъ гьезда гьоркьоб тушманлъиги цоцазул ракӏал хвейги загьир гьабун гурони», — ян. Гьединлъидал бищун лъикӏаб бечелъи ккола бугелда гӏей гьабун, гӏадамазда гьариялдаса рикӏкӏалъун чӏей. Бетӏергьанас щивав лагъасе хъван буго ризкъи, гьеб щвечӏого цониги инсан гьаб дунялалдасаги унаро. Тӏадегӏанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго: «Ракьалда тӏад цониги инсан яги рухӏчӏаголъи гьечӏо, Аллагьас гьезие ризкъи кьезе Жиндего тӏаде босун гурони», — ян."}
{"slug": "3997-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=3997-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2019-03-25 07:48:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьитӏинаб тохлъи сабаблъун\nТӏоцебесеб сентябралда лъималаз цӏалул сон байбихьизе батила жидерго росдал школалда\nГӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жамагӏатчи Мухӏамад Хӏамзатовас редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Рузман къоялъ мажгиталде бакӏарараб жамагӏаталда цевеги вахъун, росдал школалъул организатор Хӏайдарбег Хъазанбиевас бицана школалъул классазул чӏарбида кьабураб хъорщода ккал чӏван, бакӏ-бакӏалдаса турун букӏиналъ, киса-кибго квешаб махӏ бахъун бугин, хӏинкъи бугила гьелдалъун цӏалдохъабазда ва учительзабазда туберкулез ккеялда. Хьул буго «Хӏакъикъаталъги» гьеб масъалаяде кӏвар кьелин ва хӏакимзабазда рагӏизабилин абураб», — ан.\nЛъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъикъат лъазабиялъул мурадалда, нижеца ахӏана школалъул директор Махӏач Къураевасухъе. Чанцӏул ахӏаниги, кьучӏаб жаваб гьесухъа щвечӏо, ва нижеда бичӏчӏана гьелъул хӏакъалъулъ бицине директорасе бокьун гьечӏеблъи. Чамалиго суалги кьун, дун кинго тӏаса вичӏичӏеб мехалда, гьес абуна: «Нижер буго 1986 соналда бараб, 135 лъимер цӏалулеб школа. 1996 соналда школа тӏубан бухӏун букӏана. Гьебго соналъ гьеб капиталияб къагӏидаялъ къачӏана, амма гьелъул чӏарбида хъарщи хисизе биччараб гӏарац гӏечӏо»,-ян.\nИргадулаб нухалдаги ахӏидал, Махӏачица хабар цӏакъго къокъ гьабуна ва абуна: «Судалъ хӏукму гьабуна, гӏунгутӏаби лъугӏизаризегӏан, кӏиго моцӏалъ школа къазе. Кӏиго смена гьабун, лъимал цӏализе бакӏ хӏадурулеб буго. Амма, школалъул чӏарбида кьабураб хъарщи хисизе, ай ремонт гьабиялъе гӏарац балагьи цӏакъ захӏматаб масъала ккола», — ян.\nРайОНОялъул начальникалъухъагӏаги кьучӏаб жаваб щвелародаян абураб хьулалъ, чамалиго нухалъ ахӏана Зайгат Шамхаловалъухъеги. Тӏоцебесеб нухалъ, мурад бицун кӏалъайдал, жий сапаралда йигиланги абун, гьелъ хабар къокъ гьабуна. Хадуб, чанцӏул ахӏаниги, телефон кодобего босичӏо.\nГьездасан мухӏканаб хӏакъикъат баянлъулареблъиги бичӏчӏун, ахӏана Роспотребнадзоралъул Болъихъ районалда бугеб управлениялъул начальник Мухӏамад Таймасхановасухъе. Гьес бицана школалъул чӏарбида кьабураб хъарщи, тӏаде балагьун, цӏвакараб бугила.\n«Цо-цо бакӏаздаса турунги буго гьеб. Гьелъие гӏиллаги ккола школалъул минаялъул кьучӏ цӏакъго кьохъаб букӏин. Хъарщи бахъун балагьидал, бихьулеб буго гьелда ккал чӏван букӏин, амма гьабсагӏат гӏемер махӏги чӏвалеб гьечӏо. Гьениб бугеб чӏабаралъ гьава жанибе биччаларо, гьединлъидал чӏабаралдаги къадаздаги регьел буго, ва минаялъул бакъ щолареб рахъалда бугеб хъарщиги турун буго. Нижер тӏалабалда рекъон, школалъул тӏох хисун букӏинчӏебани, ахӏвал-хӏал жеги квешаб букӏинаан. Административияб халгьабиялъул акталъул кьучӏалда гьаризе кколел хехал тадбиразул тӏалабал-лъазабиял нижеца ритӏана Гӏахьвахъ районалъул администрациялъул бетӏерасухъеги райОНОялъул начальникасухъеги, ругел гӏунгутӏаби рихьизарун хъвараб протокол кьуна школалъул директорасухъеги. Лъазабуна, къокъаб заманалда жанир рехсарал гӏунгутӏаби лъугӏизаричӏони, гьеб масъала судалъул кумекалдалъун тӏубазе ккезе бугилан», — абун бицана Таймасхановас.\nЖакъа школалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал цӏехезе нижеца ахӏана росдал бетӏерасул заместитель Шарапудин Гъазимухӏамадовасухъе. Гьес бицана школалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал лъазабизе Роспотребнадзоралдаса хасаб комиссия битӏун бачӏун букӏанила.\n«Комиссиялъ хӏукму къотӏана гьединаб регьелги, махӏги, турелги бугеб школалда лъимал цӏализе бегьуларин, ай школа къазе кколин абун. Школалъул чӏарбида цӏикӏкӏараб къадаралда регьел букӏиналъе, гьелдалъун хъорщода ккал чӏваялъе ва гьеб туриялъе ккараб гӏиллаги ккола, цебе тӏохда шифер ккун букӏараб мехалъги, гьанже махх кквейдалги, тӏох сверун гонгал лъун гьечӏолъи ва гьениса чвахараб лъим школалъул минаялъул кьочӏокье унеб букӏин.\nМарталъул каникулал лъугӏизегӏан школа къана. Ункъабилеб четверталъ лъималазул цӏали байбихьизелъун хӏадурулеб буго мадрасаялъул мина.\nРакӏалда букӏана 9-11 классазул цӏалдохъаби райцентралда бугеб школа-интернаталде ритӏизе. Амма, цӏалул соналъул ахирин, кьезе кколеб ЕГЭйин, батӏиял учительзабийинги абун, лъималазул умумул гьелде дандечӏана. Хӏукму гьабуна гьел классазул цӏалдохъабиги росулъго цӏалулеб къагӏида гьабизе», — ян бицана Гъазимухӏамадовас.\nЦӏех-рехалъе ахир лъеялъул мурадалда, ахӏана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовасухъеги.\n«14 марталда гьеб масъала дандбазелъун дун щвана ДРялъул лъайкьеялъул министр Умупазил Гӏумаровалъухъе. Гьелъ рагӏи кьуна Ингердахъ росдал школалъул чӏарбида гъоркь дренаж гьабиялъе ва хъарщи тӏубанго хисиялъе гӏарцудалъун кумек гьабизе. Гъоркьиса, «100 школа» абулеб программаялде гьоркьобеги ккезабун, кӏиго миллион гъуруш харжги гьабун, гьеб школалда цӏияб тӏох гьабун букӏана. Гьединлъидал школа нахъеги гьебго программаялде гьоркьобе бачине рес ккечӏо. Тӏалаб гьабулеб букӏана школа федералияб программаялде гьоркьобе бачин, гьелъиеги рес батичӏо.\nНахътӏамун течӏого, школа къачӏазе гӏарцулаб кумек гьарун, ДРялъул лъайкьеялъул министралъул цӏаралда официалияб кагъатги хъвазе ккола.\nНижер районалъул цӏакъ мукъсанаб бюджет бугониги, хӏалбихьила, къварилъи кканиян букӏине тараб нахъраталилаб фондалдаса школалъе кӏвараб кумек гьабизе.\nГьениб гьабизе ккезе буго гӏезегӏан кӏудияб хӏалтӏи. Гьедин бугониги, ракӏалда буго исана тӏоцебесеб сентябралде киналго хӏалтӏаби лъугӏизаризе, ай школлъималаз цӏияб цӏалул сон жидеего гӏагараб школалда байбихьулеб къагӏида букӏинабизе», — ян бицана районалъул бетӏерас.\nЦо-кӏиго моцӏида жаниб гуро гьеб иш ккараб. Гьеб ккола, чанго азарго гъуршида барахщун, гонгал лъечӏолъиялъул хӏасил. Кьочӏокье лъим унеб букӏин бихьулеб буго школалъул директорасда ва учительзабазда, гьеб лъалеб буго бегавуласда ва райОНОялъул начальникасда. Батӏияб рес букӏун батичӏони, щай бегьулеб букӏинчӏеб, жидерго гӏарацги хвезабун, гонгал лъезе? Социалиял гьиназдасан Дагъистаналдаго, хӏатта Россиялдаго бихьана чияда рагӏизего нечезе ккараб гьеб гъалатӏ, жавабчилъи гьечӏолъиялдалъун школа къазе ккей. Гьайгьай, ДРялъул лъайкьеялъул министралъги Гӏахьвахъ районалъул бетӏерасги кьела гьеб лъугьа-бахъиналъе битӏараб къиматги ва гӏайиб ккарасда абила хӏакъаб рагӏиги. Амма школалъул директорги вукӏине кколаха унго-унгояв хважаинлъун. Жиндирго мина-рукъалдаса цебеккезабунги гьабизе ккелаан школалъул тӏалабги. Гӏадада абулеб жо гуро лъикӏав директорас завхозасда божун хӏалтӏи толарин…\nНури Нуриев"}
{"slug": "4081-og-ebelal-ul-raki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4081-og-ebelal-ul-raki", "title": "Огь, эбелалъул ракӏ..!", "date": "2019-04-02 10:23:43", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Чарангӏан къвакӏарабги, квасквасгӏан тӏадагьабги, тӏухьигӏан бакӏабги, нургӏан гвангъарабги, сордогӏан бецӏабги, гьоцӏогӏан гьуинабги, рикӏкӏгӏан кьогӏабги…\nЛъимер гӏодидал, гӏодулеб, гьеб гьимидал, гьимулеб. Букъараб заргӏанасеб гьелъулъ бугеб гучги къуватги.\nКиниде къуларай чӏужугӏадан-эбел. Бугебдай ракьалда гьелъулалдаса берцинаб сипат, сунцадай борцунеб гьеб берцинлъиялъул багьа? Лъималазул хиялазулъ релъилъунги чӏолеб, гьезул пикрабазе бакълъунги гьимулеб, гьезул анищалгун дунял сверунги свакалареб эбелалъул рекӏеда рекӏунеб бугеб кьавуялъ кьватӏизабулеб гӏумруги, гӏумруялъул гӏидра цӏалун биччиледухъ зоб-ракьалъ тӏолеб магӏуги, речӏалел тӏугьдулги, тӏупун лъураб пашманлъиялъул накӏкӏги, гьеб вахӏшилъиялдаса борчӏизе лъимадул хӏасраталъухъги балагьун, сири балеб дунялги.\nТӏадегӏанас, талихӏги кодобе кьун, гьелда куркьбал гъейилан дунялалде йитӏарай хӏикматай хӏурулгӏиналъул рекӏелъ щай щайтӏан рещтӏунеб бугеб?\nГӏумру кунчӏизабизе къуват бугеб эбелалъул ракӏ, щай мун ганчӏиде сверулеб бугеб? Щай мун бицалъулеб бугеб, лъимадул магӏу жанибе тӏинкӏилареб хӏалалда?!\nЩай духъего унеб нухда заз бижизе тараб? Даимаб ихгун букӏине рес букӏараб дуца щай ихтияр кьолеб бугеб хасалие, духъе кӏетӏезе?\nЛъимадул гьимиялъ хӏеккинабулеб букӏараб мун… Гьелъул угьи-зигараялдаги бухӏараб магӏуялдаги кӏолеб гьечӏо дуда чӏвараб цӏер биинабизе.\nУлбуз рехун тарал лъималаз цӏурал лъималазул рукъзалги лъимал ругел эбел-инсуца цӏурал херазул рукъзалги.\nОгь, эбелалъул ракӏ!!!\nЩаялиго гьал дир пашманал пикрабазда гъоркь гъолбас гьабуна гьаб хадусеб лъугьа-бахъиналъги.\nСоциалияб гьиналдаса\nДица цӏалана гьелъул хӏакъалъулъ социалиял гьиназда. Нужецаги цӏалун батила, бугониги, цоги нухалда ракӏалдещвезабизе бокьун буго вахӏшилъиялъул хӏалимлъиги мугьалги рекьун, хъачӏлъиялъ лъалъараб эбелалъул кваркьидакь бугеб кечӏ.\nЦо лахӏзаталъ гӏинтӏаме.\nБразилиялъул Сан-Паулу штаталда бугеб Кампинас шагьар. Дагьаб цебегӏан гӏадамазул ракӏал гъанцӏизарулеб лъугьа-бахъин ккана гьениб.\nКӏиго дунял: цояб – вахӏшилъиялъул цӏураб, цогидаб – гурхӏел-рахӏмуялъул иццал раккараб.\nГьеле гьеб кӏиабилеб дунялалда баккараб гурхӏел-рахӏмуялъ хвасар гьабуна, талихӏалъе саламги кьун, лъикӏал къасдазул цӏияб дуняладе бачӏине букӏараб лъимер.\nГьелдаса инкар гьабуна тӏоцебесеб дунялалалда бугеб вахӏшилъиялъул гъамутакье ккарай чӏужугӏаданалъ.\nАмма гьелъул гъалатӏ битӏизабуна, къватӏахъ тира-сверулаго, къоял тӏамулеб бугеб гьвеялъ.\nРищни-къулалъ цӏурал контейнеразда сверухъ сентӏелеб букӏараб гьелда батула гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Цабзаз гьебги ккун, рищни-къулалъул къалахъа къватӏибе гьве баккун бачӏиндал, гӏадамал рихха-хочула.\nГьезда рагӏичӏониги бихьичӏониги, гьеб лахӏзаталъ зобалги ракьалги цоцалъ кьабураб гьаракьалъ гъугъ гьабураб сверухълъиялда сахлъулареб ругъун лъун батула эбелалъул ракӏалъ…\nЛъимерги баччун, гьве уна гӏагарда бугеб минаялъубе. Гьелъул бетӏергьан чӏаралъуйго гӏунун хутӏула, гьвеги лъимерги рихьидал.\nГьвел балагьиялъ гьарулеб букӏана лъимер хвасар гьабейилан.\nЛъимер больницаялде щвезабун буго, ва тохтурзабаз абун буго гьелъул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏилан. Полициялъ ялагьулей рагӏула эбелги.\nЭбелин абизегӏаги бегьиладай гьелда?\nГьве рокъобе бачине бокьаралги гӏемер рукӏун руго, амма гьелъ тӏасабищун буго жиндиего ругьунаб эркенаб гӏумру. Гьелъие Анжела абураб цӏарги кьун буго бразилиялъулаз.\nДица гьанир гъоркьехун кьолел руго гӏумруялдаса лъугьа-бахъинал.\nГьезул цо-цояздаса чвахулел руго гурхӏел-рахӏмуялъул иццал, цогидаздаса бецӏцӏулеб буго магӏил гӏор.\nАхӏмадида батараб талихӏ\nДир гьудул Сапиятил буго жийго бетӏергьанаб тукен. Гьей, рогьиналде яхъун, уна тукаде. Гьеб къоялъги цудунго тукаде арай гьей лъалхъана, нуцӏил кӏалтӏа багъа-бачарулеб жо бихьидал.\n— Вахӏ!. Щиб жодай гьеб. Йохъ! Батизе рес гьечӏо гьеб жо лъимер,- илан щакдарана гьей.\nАмма лъимадул гӏодиялъ тӏуркӏизаюрай гьей цӏоро-гъорон хутӏана…\nДолдаса нахъе ана 15 сон. Гьабсагӏаталда Гӏумар цӏалулев вуго анцӏабилеб классалда. Гьавурай эбелалъ кьурун кодоса бахъараб талихӏ гьесие сайгъат гьабуна гӏагарайлъун лъугьарай чияр чӏужугӏаданалъ. Гьелъул рекӏелъ батана Гӏумарида талихӏалъул бакъ. Гьеб бакъул чӏораз веэдулев вугев гьесда жеги лъаларо Сапиятица бакараб талихӏалъул цӏадул кунчӏиялъул багьа.\n— Зама-заманалдасан, къадги къасиги, рекӏелъ гьалагаб цӏа рекӏуна, цо-цо хӏинкъун тӏуркӏунги йорчӏула. Унго-унгоги яккун ячӏинадай гьесул эбел, бицинадай гьелъ васасда гьесул къисматалъул хӏакъикъат? Гьелда лъалеб батиларищха вас вугеб бакӏ. Гьеб къоялъ дун, ракӏги кьвагьун, хвезе йиго. Диеги рос Ахӏмадиеги гьев нижерго лъималазда ващад гьавун вокьула. Лъималазеги цӏакъго хирияв вуго гьев. Гьез гьев гогьдаризавун толев куцха,- йилан бицуна Сапиятица.\nБерцинлъиялъ хвасар гьабураб херлъи\nГӏободаса Алпасанат Хважаева йиго къисматалъул кьогӏлъи хӏехьезе ккарай, цо вугев вас хвалица кодоса вахъун аниги, яхӏалъул хӏубиялде кьватӏи рехичӏей, сабурай, мутӏигӏай чӏужугӏадан. Гьале гьадинал руччабаз берцин гьабун буго нилъер гӏумруги. Гьелъ гьабулеб бугеб хӏалтӏи кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏине бегьичӏониги, жакъа гьеб ккола сверухълъиялдаго нур базабулеб иш.\nЛъиениги балъголъи гуро харабазул рукъзабахъ, аслияб къагӏидаялда, лъимал ругел эбел-эмен рукӏин. Гьеле гьединаб бахьикъосараб заманалда Алпасанатица, магӏарухъаги ячун, жидедаго аскӏой хьихьун йиго росасул ункъгӏал. Цо-цо щола дунги гьезухъе. Патӏимат-кӏодол берал кенчӏелел рукӏуна, херлъидал щвараб талихӏалдаса гӏорцӏуларого. Росги хун, ялгъузго хутӏарай гьелъие сабабалъе йитӏун ятана Алпасанат. Унго-унгогиха, гьелъ Патӏиматие бицунеб лъимадуе гӏадаб кӏарчамаб мацӏги. Абизе бегьула, хӏалтӏигицин танин гьелъин, Патӏиматида хадуб хъулухъ гьабизе рокъой чӏезелъун. Алпасанатидаги гьелъул рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабураб херлъиялъул гъанситохъ гӏодой кӏусун йигей Патӏиматидаги баркула ихгун цадахъ нилъехъе рещтӏараб байрам. Эбелги ясги гӏадин цоцазе хиралъарал гьезул бакъ киданиги бахчугеги къварилъиялъул хьухьаз.\nАбубакарил талихӏалъул кечӏ\nГъизляралда гӏумру гьабун йиго цоги берцинай гӏадан Патӏимат. Гьелъул берцинлъиялъги хвасар гьабуна къисматалъул кӏичӏикье ккезе бахъараб гьитӏичил гӏумру. Гьелъухъе цо гӏолохъанай эбелалъ хьихьизе щвезабун букӏана гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Жий лъагӏалидасан тӏадюссинилан къотӏиги букӏана гьелъул. Амма гьитӏичил бабал хабар къотӏана. Гьей ялагьизеги лъугьун рукӏана. Гӏагарлъиялъ Патӏиматида абулеб букӏана лъимер лъималазул рокъобе щвезабейилан. Гьелъ киназего жаваб кьолаан, васги гьениве кьун, жинда макьу щвезе гьечӏилан. Гьабсагӏаталда, талихӏалда къвалги бан, гӏун вачӏунев вугев Абубакар вихьидал, рухӏдаллъизе бачӏуна гьесда. Гьесул лъимерлъи чӏобоголъиялдаса хвасар гьабурай хӏурулгӏиналъул сариназухъ гӏенеккидал, цебе бачӏуна улбуз рехун тарал лъималазул къиса. Гьале доб рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабураб гӏумруялъул кечӏ. Гьеб кочӏол гьаракь тӏагӏунгеги Абубакарие гӏагараблъун лъугьараб ва даим гьединаблъун хутӏизе бугеб хъизамалъул гъанситохъа.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4082-matsi-tsiunize-nigatgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4082-matsi-tsiunize-nigatgun", "title": "Мацӏ цӏунизе нигатгун", "date": "2019-04-02 10:30:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рахьдал мацӏазул учительзабазул республикаялъулаб конкурсалда исана гӏахьаллъана 40 учитель\nМахӏачахъалаялъул №11 гимназиялда санайил тӏоритӏула шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацӏазул бищунго лъикӏав учитель» абурал къецал.\nИсана республикаялъулаб конкурс тӏобитӏана 19-22 марталда. Къецазда гӏахьаллъана 40 учитель, гьезда гьоркьоса — магӏарул мацӏалъул микьго учитель, киналго руччаби-учительзаби. Гьезул щияй мустахӏикъай йикӏана рецц-бакъалъе.\nТӏоцебесеб къоялъ гӏахьалчагӏаз кьуна дарсал. Дарсал кьезе рукӏана анцӏго батӏияб мацӏалда: магӏарул, дарги, лъарагӏ, лак, табасаран, чачан, агул, лезги, азербайжан.\nБолъихъ районалъул Кьохъ росдал гьоркьохъеб школалъул учитель Гьадигат Хӏасанова исана кӏиабилеб нухалда гӏахьаллъулей йикӏана конкурсалда. Гъоркьиса «Магӏарул мацӏ» номинациялда гьелъ ккун букӏана лъабабилеб бакӏ.\nМухӏамад Ахӏмадовасул «Чӏужугӏадан» абураб кечӏалъе сайгъат гьабун букӏараб гьелъул дарсида цӏалдохъабазда дагьабги бичӏчӏана чӏужугӏаданалъ инсанасул гӏумруялъулъ кколеб бакӏ. Учителалъ гьел рачана шагӏирасул шигӏрияб улкаялде ва лъай-хъвай гьабуна гьеб улкаялда чӏужугӏаданалъ ккун бугеб бакӏалъулгун. Дарс кьелалде цебе гьей дандчӏван йиго шагӏиргунги. Гьадигатихъа бажарана тӏоцере рихьулел ругел цӏалдохъабазул дарсида гӏахьаллъи чӏаго гьабизе.\nШамил районалъул Микьигьориб школалъул учитель Умагьани Хӏадисова кӏиабилеб нухалда гӏахьаллъулей йикӏана конкурсалда.\n«Предложениялъул тайпацоял членал» абураб темаялда гьелъ дарс кьуна микьабилеб классалда. Батӏи-батӏиял творческиял тӏадкъаязул, хӏаязул кумекалдалъун гьелда кӏвана дарс интересаблъун гьабизе, ва цӏалдохъабазги кӏудияб гъираялда кьолел рукӏана жавабал.\nБуйнакск районалъул Чӏикӏаб росдал лъайкьеялъул централъул учитель Барият Хӏажиевалъ цӏалдохъаби рачана Хъахӏабросулъа Махӏмудил гӏишкъул дунялалде. Гьел гӏенеккана учителалъ пасихӏго рикӏкӏунел шагӏирасул кучӏдузухъ. «Муи — Махӏмудил рокьул матӏу» – гьединаб букӏана дарсил магӏнаги.\nГъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра Ахӏмадовалъ дарс кьуна «Прилагательноял» абураб темаялда. Дарсил авалалдаго гьелъ хӏаракат бахъана цӏалдохъаби «прилагательное» абун цӏар бугеб гӏажаибаб улкаялде рачине. Грамматикиял хӏаязул кумекалдалъун Загьрал дарс букӏана лъималазул ракӏазе асар гьабулеблъун.\nКазбек районалъул Дилим росдал гимназиялъул учитель Динара Батиевагун цадахъ цӏалдохъабаз гьоболлъи бана умумузул гӏадатазухъ: цӏоросаролъги чӏучӏана, бицанкӏабиги тӏамуна. Гьединал хӏаязул ва къагӏидабазул кумекалдалъун лъималазда бичӏчӏана журарал предложениял щалали. Дарсил ахиралда гьез гӏуцӏана журарал предложениял.\nАбизе ккола аслияб бахӏс букӏанин гьал хадур цӏарал рехсарал учительзабазда гьоркьобилан.\nХунзахъ районалъул Бакьайчӏи росдал школалъул учитель Фирюза Шагӏбановалъул дарсида цӏалдохъабаз сапар бухьана хунздерил тӏалъиялде: тӏогьода росарал авлахъалги, гӏурччинаб гӏидраги, гӏидраялда кьурдулел кьагӏиги, мугӏрул цӏураб гӏиги, вехьасул щвантӏихалъул гӏашикъал сариналги. Гьединаб букӏана Бакьайчӏиса шагӏир Хӏажи Гъазимирзаевасул творчествоги гӏумруги. Учителалъ пасихӏго шагӏирасул кучӏдул рикӏкӏунелъул, классалда букӏана гӏажаибаб сихӏкъотӏи. Магӏаруллъиялъул махӏ бахъарал гьезул паналъи щивав цӏалдохъанасухъе майилан кьолеб букӏана Фирюзаца.\nУчителалъухъа бажарана тӏоцере рихьулел ругел шагьаралъул цӏалдохъаби цо лахӏзаталъ магӏаруллъиялде вехьасул гӏумруялъул берцинлъиялъухъе гьоболлъухъ рачун.\nУчителалъги цӏалдохъабазги цадахъ гӏуцӏана вехьасул гӏумруялъул проект.\nМагӏарухъ авлахъалда рижарал тӏогьол квацӏабилъун рукӏана гьеб дарсида Хӏажи Гъазимирзаевасул кучӏдулги. Гьезул щибалъулъ бихьулеб букӏана щибаб росдалги росдал кьураби-нохъазулги къиса. Гьеб къисаялъул хӏакъалъулъ Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялъул ва Ленинкенталъул №2 школалъул цӏалдохъабазе шавкъалда бицунеб букӏана Фирюза Шагӏбановалъ.\nИсана Махӏачхъала шагьаралъул школазул «Рахьдал мацӏазул бищун лъикӏав учитель» конкурсалда тӏоцебесеб бакӏ ккурай Ленинкенталъул №2 школалъул учитель Патӏимат Мухӏамадовалъ магӏарул адабияталъул дарс кьуна ичӏабилеб классалда.\nГьелъ цӏалдохъабазе бицана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, шагӏир Гӏабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цӏаралдасан» поэмаялъул хӏакъалъулъ — регана нахъехун Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тарихалъул тӏанчал. Нахъеги гъугъана рагъул гьаракь, гьелъул ракӏгъанцӏизабулеб кьогӏлъиялъ цоги нухалда рачана цӏалдохъаби рагъулал нухаздасан ватӏаналъул бахӏарчиял васазулги ясазулги хвел гьечӏеб къисаялъухъе. Нахъеги гӏодана кечӏ… Ракӏалдещвезаруна солдатазул лъаббокӏонал кагътазул къисаги…\nПатӏиматил дарсил аслияб хаслъилъун букӏана пульталъул кумекалдалъун интерактивияб доскагун цӏалдохъаби хӏалтӏи.\nГъуниб районалъул Ругъжаб росдал школалъул учитель Сапият Мухӏамадовалъ «Составиял глаголал» абураб темаялда дарс кьуна анцӏабилеб классалда.\nЗахӏматабилан кколеб грамматикаялъул гьеб дарс цӏалдохъабазда бичӏчӏизабизе учителалъ хӏалтӏизабуна Британиялъул психолог Бьюзен Тонил рагӏаби ракӏалда чӏезариялъул къагӏида. Кӏиго къокъаялде рикьарал цӏалдохъабаз тӏадкъаял гъираялда ва хехго тӏуразарулел рукӏана.\nМагӏарул мацӏалъул учительзабазул дарсазе къимат кьолеб жюриялда рукӏана Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель, педагогикиял гӏелмабазул председатель Баху Мухӏидинова, филологиял гӏелмабазул кандидат, ДИРОялъул хӏалтӏухъан Райхӏанат Юсупова ва Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель, Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Сарат Мухӏумаева.\nГьез тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикъайлъун йихьизаюна Сапият Мухӏамадова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Патӏимат Мухӏамадовалъе. Ва лъабабилеб бакӏалде ячӏана Фирюза Шагӏбанова.\nСапият Мухӏамадовалъе рес щвана цогидалги мацӏазул финалалде йорчӏарай анцӏго учительгун къеркьезе.\nКӏиабилеб къоялъ къецазул гӏахьалчагӏаз тӏоритӏана классалъул сагӏтал. Гьенир бергьарал гӏахьаллъизе кколаан конкурсалъул ахирисеб бутӏаялдаги. Гьенибги битӏккана Сапиятие. Гьелъул классалъул сагӏат жюриялъул членаз рикӏкӏана бищун лъикӏаблъун.\nКонкурсалъул бищунго хӏалуцараб лахӏзат. Классалъул сагӏтидаса хадуб конкурсалъул гӏахьалчагӏаз жюриялъ бихьизабураб темаялда рекъон бицине кколаан жидерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ, ай, гӏелмияб къагӏидаялда абуни, цӏунизе кколаан проект. Щуго учителасда гьоркьоса, проект цӏунун хадуб, нахъе ине кколаан жеги кӏиго учитель.\nВа тӏаде щвана конкурсалъул хӏасилал рицунеб заман. Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана магӏарул мацӏалъул учитель Сапият Мухӏамадова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Каспийск шагьаралъул №3 школалъул табасаран мацӏалъул учитель Гюльмира Мамедовалъе, лъабабилеб бакӏ кьуна Лак районалдаса Асли Мухӏамадовалъе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4083-dutsa-kuralda-rek-on-kola-duegi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4083-dutsa-kuralda-rek-on-kola-duegi", "title": "Дуца «кьуралда» рекъон «кьола» дуеги", "date": "2019-04-02 10:31:12", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Сахлъи цӏуниги буго бизнесалде буссинабун\nКӏиго учитель дандчӏвани, абула, совещание байбихьулин, лъабгояв гӏодовчӏани -педсовет рагьулин. Тахшагьаралъул паркалда букӏараб гьединабго «педсоветалда» Ахӏмад Мухӏамадовас бицана: «Жакъа Махӏачхъалаялъул поликлиникабазда гӏадамазул сахлъиялъул цӏех-рехал тӏоритӏиялъе саламатал шартӏал гӏуцӏун руго. Гьебго заманалда, поликлиникабазул заведующиязул гӏарз букӏуна хӏалтӏул даража борхизабиялъе жидее гӏарац гӏолеб гьечӏилан. Хӏалтӏулев щивав чи вухьинавун вуго шагьаралда гӏумру гьабун вугеб бакӏалъул поликлиникаялда. Гӏажаибаб жо, поликлиникаялда гьединал шартӏал чӏезарун ругеб мехалъги, «зулму гуро, хӏал гуро, амма цӏалул сон байбихьилалде сахлъиялъул цӏех-рехги гьабун, медицинаялъул книжкаялда мугьру чӏвазе кколилан, директорзабаз школазул киналго учительзабиги хӏалтӏухъабиги «Суперлаб» абулеб лабораториялде ритӏула. Цо учителасул цӏех-рех гьабун хӏукуматалъ гьенибе кьолеб буго 700 гъуруш. Щай?! Гьеб гӏарцул гӏор поликлиникабазул бюджеталде биччани, рес букӏинаан гьезул хӏалтӏи лъикӏлъизабиялъе. «Суперлабалъул» «бачӏиналдаса» цо хасал хӏакимзабазе бутӏа щолилан абулеб жо битӏараб батизеги бегьула, гуребани республикаялъул сахлъицӏуниялъул министерствоги, шагьаралъул сахлъицӏуниялъул отделги буцӏцӏун чӏеларо», — ян.\nШагьаралда аскӏоб бугеб поселокалъул учитель Гӏумарил Гӏамирица бицана жив ун вукӏанин шоферасул право босиялъе къваригӏунеб справкаялда хадув. Цере гӏадин, тохтурзабазухъе цӏех-рехалъ ритӏулеб, иргаялда чӏезе кколеб къагӏида гьечӏила, медицинаялъул справкаби кьолеб централде 500 гъурушги кьолила, щуго минуталдасан къваригӏелги тӏубалила.\nГьереси щай, дун гӏажаиблъизавуна гьел цӏиял къагӏидабаз, лъалеб букӏинчӏо гьедин бигьаго справкаби кьолеблъи. Гьединлъидал, гьелъул хӏакъикъат лъазабизелъун, къватӏире рахъана.\n«Суперлаб» ОООялъул медикиябгун лабораторияб централъул медицинаялъулаб блокалъул нухмалъулев Мухӏамад Эфендиевас бицана, централъул аслияб масъала кколин зама-заманалдаса цо бакӏалда, цо адресалда кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб гӏемерал гӏадамалгун хӏалтӏизе кколел чагӏазул медицинаялъулал цӏех-рехал тӏоритӏи. Гьеб мурадалда централде рачӏунила школазул, сахлъицӏуниялъул учрежениязул, лъималазул ясли-ахазул, столоваял-кафеязул, ихтиярал цӏуниялъул идарабазул хӏалтӏухъаби. Жидеца централда тӏоритӏулила: медицинаялъулалгун профилактикиял халгьабиял, хӏукуматалъул хъулухъчагӏазул диспансеризация, гӏадамал кваналел ва сахгьариялъулалгун профилактикиял жамгӏиял бакӏазул лабораториял халгьабиял. Гьабураб хӏалтӏухъ жидер счеталде гӏарац гьел хъулухъал тӏалаб гьарурал идарабазул счетаздаса бачӏунила. Цебеккунго гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, цо чиясухъа босулеб гӏарцул къадар бараб букӏунеб буго медицинаялъул книжкабазда чӏвазе кколел мугьрабазул (печатазул) къадаралда, гьоркьохъеб хӏисабалда гьеб бахунеб буго 1000-2000 гъуршиде.\n«2011 соналда къабул гьабураб РФялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул №302 буюрухъалда рихьизарун руго хӏалтӏизе изну кьезе ккани, масала, учителас кьезе кколел анализазул ва цӏех-рехазул сияхӏ. Щибаб поликлиникаялда гуро рукӏунел гьединал анализал тӏоритӏизе гьабзаманалъул алатал ва къваригӏунел специалистал», — ан бицана М. Эфендиевас.\nЦентралъул рекламнияб проспекталда ругел — гьекъолеб лъел халгьаби, хӏалтӏул шартӏазе хасаб къимат кьей ва захӏмат цӏуниялда хадуб халкквей гьаби гӏадал хъулухъал гьенир тӏоритӏиялъул магӏна нижеда бичӏчӏичӏо. Гьекъолеб лъел халгьаби тӏалъула Роспотребнадзоралда, захӏматалъул шартӏазе хасаб къимат кьей — захӏматалъулаб инспекциялда, захӏмат цӏуниялда хадуб халкквей — профсоюзазда. Централъги гьебго хӏалтӏи такрар гьабиялъул магӏна щибилан кьураб суалалъе жаваб кьезе Мухӏамадиеги захӏмалъана.\nПоликлиникабазда чӏобого гьабун бажарулеб хӏалтӏи «Суперлаб» медикиябгун лабораторияб централъухъе кьеялъе ккараб гӏилла цӏехезелъун щвана ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул заместитель Ф. Хӏабибулаевасухъе. Нижеца гьесда цӏехана медицинаялъул справкаби кьолел центразул хӏалтӏул хӏакъалъулъги. Гьес абуна: «Суперлаб» ОООялъул медикиябгун лабораторияб центр ккола живго бетӏергьанав чиясул идара. Законалъ гьукъун гьечӏо гьединал бакӏал рагьизе. Щивав чиясул рес буго цӏех-рех гьабизе бокьани поликлиника, бокьани «Суперлаб» тӏаса бищизе. Медицинаялъул справкаби кьолел центразул хӏакъалъулъ дида рагӏана, амма кин гьениб хӏалтӏи гӏуцӏун бугебали лъаларо», — ян.\nГьеб жавабалда гӏей гьабун чӏечӏого, ниж щвана ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул лицензиязул отделалъул бетӏерай специалист Хӏапизова Гульбариятихъе. Гьелъ, жидерго министерствоялъул компьютералъул базаялдеги балагьун, абуна «Суперлаб» централъул законияб лицензия бугилан.\n«Законалъ жалго бетӏергьанал чагӏазе изну кьун буго бокьараб унти чӏезабиялъул ва сахлъи щула гьабиялъул идара рагьизе. Гьенир ругел ресазул, ай минаялъул, къваригӏунел алатазул ва специалистазул хӏисабги гьабун, нижеца гьезие лицензия кьола. «Суперлаб» медикиябгун лабораторияб централда гьеб рахъалъ лъикӏал шартӏал чӏезарун руго, амма гьениб хӏалтӏи гӏуцӏун бугеб къагӏида нижеда лъаларо. Гьелъул хӏалтӏи тӏаде ккола «Росздравнадзоралъул» республикаялда бугеб идараялде», — ян бицана Г. Хӏапизовалъ.\n«Росздравнадзоралъул» бетӏерай специалист-эксперт Аминат Расуловалъ абуна: «О защите юридических лиц и ИП» абулеб №299 федералияб законалда рекъон, «Росздравнадзоралъул» ихтияр букӏунаро планалда бихьизабун гьечӏеб я хӏукуматалъул, яги жалго бетӏергьанал чагӏазул медицинаялъул учреждениялъул халгьабизе. Гьабулеб бугони, халгьаби тӏобитӏизе ккола прокуратураялда дандги бан. «Суперлаб» централъул хӏалтӏудасан гӏарз гьабун нижехъе жеги цониги чи вачӏинчӏо, вачӏани, нахъбахъун течӏого цӏех-рех гьабизеги буго», — ян.\nГӏажаиблъизе ккараб хӏужа гьечӏищха, 2011 соналдаса байбихьун хӏалтӏулел ругел медицинаялъул справкаби кьолел центразул хӏакъалъулъ мухӏканго бицине лъалев цониги хӏаким гьечӏолъи. Бихьулеб буго ихтиярал цӏунизе тӏадал хӏукуматалъул идарабаз гьединал центразул хӏалтӏул халгьабиялде тасамахӏаб бербалагьи гьабулеб букӏин.\nБералда бихьараб гӏадаб жо букӏунарелъул, щвана ниж медицинаялъул справкаби кьолеб жеги кӏиго централде. Цонигиялда хважаинзаби ратичӏо, сон-церекъад школа лъугӏарал гӏадал лъаб-лъаб яс йигоан гьенир. Жанире лъугьаралго гьез ниж сверун ккуна ва, къокъабго заманалда жаниб бокьараб справка кьелин абун рохизаруна. Гьезие бокьичӏо «справка кьелалде цебе нижер сахлъиялъухъ халгьабулел тохтурзабиго рукӏунарищин» абун цӏехезеги. Цояб централда мадугьалихъ гӏумру гьабун йигей гӏаданалъ бицана хӏалтӏул къо лъугӏулеб заманалда рачӏунила гьенире хважаинзаби ва киназдагоги лъалила гьел бигьаго гӏарац гьабизе бечедал чагӏаз рагьарал бакӏал рукӏин.\nХадурагӏи\n«Суперлабалъул» бизнес гӏадамазул сахлъиялъе ва гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏеб бугин тезе бегьила. Батӏияб масъала ккола медицинаялъул справкаби кьолел цогидал централ. Масала, цо централъул прайс-листалда хъван буго жидеца кьолин микьго батӏияб справка: «В ГАИ», «на оружие», «на работу», «справка 086», «В бассейн», «общ. медосмотр», «ЭЭГ», «Для поступления в ВУЗ». «В ГАИ» ва «на оружие» абулел справкабиги центраздаса кьолел рукӏиналъул хӏужаялъ ниж унго-унголъунги хӏинкъизаруна. Гьениса кьураб справкаялда рекъон право босарав шоферасул машинаялда рекӏине ккани яги «на оружие» кьураб справкаялъул кьучӏалда босараб ярагъгун такъсирчи гӏумруялъул нухда дандчӏвани, гьесдаса лъутунги рорчӏичӏони, щиб гьабизе бугеб?! Суалал гӏемер руго, пайда щиб, жидеего щолеб боцӏуда хадур лъугьун, халкъалъул милат гьабулел хӏакимзаби гьечӏелъул.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4084-gunar-tiokiaze-ragaral-nutsibi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4084-gunar-tiokiaze-ragaral-nutsibi", "title": "Гьунар тӏокӏазе рагьарал нуцӏби", "date": "2019-04-02 10:32:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Пагьму бугел лъимал тӏатинариялъе гӏуцӏараб проект\n25 марталда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов гӏахьаллъана Гъарабудагъкент районалда бугеб лъималазул сахлъицӏуниялъулгун лъайкьеялъул «Солнечный берег» централда республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул ва вице-премьерасул жигарчилъиялдалъун «Бинилект» лъайкьеялъул проект рагьиялъул тадбиралда.\nПроекталъул аслияб масъалалъун ккола пагьму бугел лъимал тӏатинари ва гьитӏинго гьел предпринимательлъиялде ругьун гьари.\n— Ниж гьаб проекталда тӏад гӏемер ургъана. Жакъа нижеца рагьулеб буго профилалъулаб лъайкьеялъул тӏоцебесеб смена. Баркула нужеда проекталъул гӏахьалчагӏилъун рукӏине рес щвей. Нужерго эркенаб заман гӏадада биччазе гьечӏо нужеца — бихьизабе нужерго гьунар. Гьеб нужее хадуб цӏакъ хӏажалъизе буго. Гьенир нуж ругьун гьаризе руго гӏадамалгун хӏалтӏизе. Гьединаб тӏалаб буго жакъасеб гӏумруялъулги. Байбихьи лъезе ккола жакъаго. Кӏудияб кӏвар кьезе буго гӏадамазда цере рахъун кӏалъазе нуж ругьун гьариялдеги презентациял хӏадур гьаризе лъаялдеги. Гьарула нужее гьабулелъулъ икъбалги бажариги, — ян абуна премьерас жиндирго баркиялъулаб кӏалъаялда.\nРоссиялда машгьурай телеведущая, журналист, преподаватель ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу «Искусствоялъул ва медиатехнологиязул школа» проекталъул нухмалъулей Арина Шараповалъ жиндирго кӏалъаялда проекталъул гӏахьалчагӏазе насихӏатал гьаруна:\n— Хириял лъимал! Тӏоцебесеб иргаялда, нуж божизе ккола нужехъаго гьеб иш бажаризе букӏиналда. Дун гьабсагӏаталда кӏвар кьун ялагьун йикӏана нужехъ. Нужер цо-цояз бахъулеб букӏана телефоназда премьерасул кӏалъай. Гьеб букӏана гӏадамал гӏенеккиледухъ кӏалъазе бугеб махщалил мисал. Гӏенекке чӏахӏияз малъулелъухъ, хӏаракат бахъе тӏасабищараб ишалъе ритӏухъаллъун хутӏизе, — ян абуна гьелъ.\nХудожествияб гимнастикаялъул рахъалъ анцӏго нухалъ дунялалъул чемпионкалъун яхъарай Ольга Капрановалъ цӏалдохъабазда абуна заманалъул къимат гьабизе ругьунлъейилан.\nДандеруссиналда гьединго гӏахьаллъана Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельникова, ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумарова, ДРялъул юстициялъул министр Казимухӏамад Сефиркъурбанов, Великобританиялда вугев тӏоцебесеб каналалъул корреспондент Тимур Сиразиев, спорталъул мустахӏикъав мастер Хӏайдарбег Хӏайдарбегов ва цогидалги.\nГьелдаса хадур гьалбал гӏахьаллъана «Гӏолилал ва тӏалъи» абураб гургинаб столалда. Гьел дандчӏвана цӏалдохъабигун ва гьезул суалазе жавабал кьуна. Гьалбадерида гьоркьор рукӏана «Дир Дагъистан» конкурсалда бергьарал Юлдуз Мухӏамадова ва Карина Тӏагьирова.\nДандчӏваялъул ахиралда Артем Здуновас абуна гьале гьадинаблъун бихьулин жинда Дагъистан щуго соналдасайилан:\n— Тӏолабго дунялалда цебе къадру-къимат бугеблъунги ва жинде киназулго божилъи бугеблъунги, — йилан.\nШколалда цӏалулелъул, хасго менеджерлъун вахъине ккани, кинаб предмет къваригӏунебилан цӏалдохъабаз гьикъидал, Тимур Сиразиевас абуна:\n— Буго гьадинаб цо гӏелму. Гьелда цӏарги буго гӏумру. Гьеле гьелде кьезе ккола аслияб кӏвар. Нужеда гьабсагӏаталда лъаларо ракӏчӏун кинал специалистал нужер рахъинелали. Аслияб жо гьабсагӏаталда — бокьизе ккола гӏумру, лъазе ккола гьелъул къимат гьабизе. Цинги кинабго нухда билълъуна,- ян.\nПроекталда гӏахьаллъизе риччалел руго цӏалулъги спорталъулъги церетӏеял ругел 7-9 классазул цӏалдохъаби.\nГьабсагӏаталда конкурсалда гӏахьаллъулев вуго республикаялъул 53 школалдаса 100 цӏалдохъан.\nУнкъо батӏияб номинациялда тӏоритӏизе руго дарсал:\n— Предпринимательлъи.\n— Маркетинг.\n— Менеджмент.\n— Коммуникация.\nДарсал кьезе руго Россиялдаса преподавательзабаз.\nПроекталъул гӏахьалчагӏи гӏахьаллъизе бегьула «Просвещение» Академиялъул грантазул конкурсалдаги. (50 000 гъуруш).\nДРялъул бетӏерасулги\nДРялъул хӏукуматалъулги пресс-хъулухъ"}
{"slug": "4086-tiabigiat-ikhdalil-kvershchalik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4086-tiabigiat-ikhdalil-kvershchalik", "title": "Тӏабигӏат – ихдалил кверщаликь", "date": "2019-04-02 10:35:39", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Оцбаялъул байрамалъ ракӏал гӏагар гьаруна\nУмумуз абулаан магӏарухъе их оцазул лълъурдуздаги бухьун бачӏунилан. Бачӏуна гьеб жиндирго хасаб гогьлъигун, берцинлъигун. Жиндирго «гӏамал» бихьизабичӏогоги толаро гьелъ. Гьале исанаги ихдалил тӏоцересел къоязго гӏазуца хъахӏ гьаруна мугӏрузул тӏогьал.\nГӏажаибаб асар гьабула ихалъ тӏубараб тӏабигӏаталъего. Гьелъ сверухълъиялъего рачуна хасал бакъналги — цин гӏенеккизарула мугӏруздаса чвахун рачӏунел иццазул сариназухъ, цинги хӏанчӏазул хӏайранал бакъназухъ.\nХасалил макьидаса борчӏараб ракьул махӏ, гӏазул тӏингъикьа бакъул чӏоразе гьимулаго раккулел дерец тӏугьдул, букӏдулги рикь-рикьизарун къватӏире рорчӏарал тӏугьдуз хъахӏлъизабураб мегъ — сверухълъиго ихдалил сихӏруялъул асирлъуде ккун буго.\nЦо-цо мехалда хасалица хивал гьабулеб буго нахъбуссинеги. Ракьалде хӏеренго хӏулулел гӏаздал хӏулабаздалъун тӏабигӏат гуккизе къасд гьабулеб бугин ккола гьелъ. Амма гуккизе кӏолел гьечӏо ихдахъ гӏашикъго рукӏарал гӏадамал. Оцал раялъул байрам тӏобитӏиялде тӏаделъун руго чӏахӏиялги гӏисиналги.\nАраб гьатӏан къоялъ Цӏумада районалъул Гьигьалъ росулъ тӏобитӏана Оцбаялъул байрам. Умумузулъанго бачӏараб гьеб тадбир гьигьалъдерица тӏобитӏула щибаб санайил. Гьал ахирал соназдайин абуни, гьеб тӏобитӏизе байбихьана росдал школа лъугӏарал классцояз. Исанасеб тадбир тӏобитӏана 1985 соналда школа лъугӏараз.\nКидаго гӏадин тадбир байбихьана росдал мажгиталда мавлид цӏалиялдалъун, гьеб лъугӏун хадуб, жамагӏат ана тӏоцебесеб рахъ базе росдал мадрасаялъул хурире. Гьениб дугӏа-алхӏамги цӏалун, тӏоцебесеб рахъ бана росдал имам Гӏумархӏажи Гӏамирилаевас, Цӏумада районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас, гьигьалъдерил бегавул Рамадан Гъазимухӏамадовас, росдал харабаз ва тӏаде рачӏарал гьалбадерица. Росдал годекӏаниб жамагӏаталъ зикруги бачун, тадбиралъул хадусеб иш нухда бачана райадминистрациялъул спорталъулгун гӏолилазул ишазул ва туризмалъул рахъалъ отделалъул нухмалъулев Тӏалхӏат Гӏабдулбасировас. Бачӏунеб соналъ Оцбай тӏобитӏизе, корохъ бежараб чадил гор босизе цере рахъана 1977 соналда школа лъугӏарал классцоял.\nРосуцоязда байрам баркун кӏалъана бегавул Рамадан Гъазимухӏамадов, «Цӏумада Цолъи» гӏуцӏиялъул нухмалъулев Шамхал-дибир Гӏисаев, Даку Асадулаевасул фондалъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасанов. Баркиялъулал кӏалъаял гьарулаго, гӏарцулал сайгъатаздалъун кӏодо гьаруна дагьаб цебе Хасавюрт шагьаралда тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Северияб Кавказалъул федералияб округалъул чемпионаталда бергьарал ва призераллъун рахъарал росуцоялги.\nБайрамалъе хасаб берцинлъи кьуна балеб гӏаздалъ цере рахъарал Махӏачхъалаялдаса рачӏарал палугьабазул къокъаялъ. Кидаго гӏадин тӏоритӏана рекериялъул, гамачӏ рехиялъул, кӏанцӏиялъул ва квар цӏаялъул къецал. Хадусеб къоялъин абуни, Агъвали росдал спортивияб школалъул залалда гӏолилазда гьоркьоб тӏобитӏана эркенаб гугариялъул рахъалъ турнирги."}
{"slug": "4087-khalk-iyav-tokhtur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4087-khalk-iyav-tokhtur", "title": "Халкъияв тохтур", "date": "2019-04-02 10:38:28", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда гӏумруялдаса ватӏалъана Ибрагьим Ибрагьимов\nГӏадамазул рекӏелъ памятник бана\nИнсанасул рухӏияб ва моралияб сипат-сураталъе хӏалтӏизабулебщинаб рагӏи абизе бегьула, Ибрагьим Ибрагьимовасе къимат кьолаго. Амма гьебмехалдаги гьесул рекӏел гъварилъи, гӏамалалъул берцинлъи ва хасияталъул рекъонккей цогидав чиясе рагьун бажариларо, дир пикру пикруялда. Нухмалъулесе хасиятаб гӏамалалда цадахъго гьев гьайбатав инсанасулъ рессун руго гӏадатияв инсанасул тӏолалго гӏамалалги.\nГьалмагъзабазда гьоркьов гьев вуго гӏадатияв, махсара-хочӏ гӏемерав, хабар бицине пагьмуяв инсан. Махсара хирияв вугониги, инсан хӏакъир гьавулел, чороклъи гъорлъ бессарал рагӏаби гьесдаса киданиги рагӏуларо. Гӏумруялъул нухда гьалмагълъун тӏасабищараб рекӏел бацӏцӏалъиялъе ритӏухълъи цӏунула гьес кидаго. Гьудулзабигун вугеб мехалдацин яхӏ-намус, иман цӏунизе жигар бахъула Ибрагьимица.\nГьевгун гара-чӏварулеб мехалда, щибаб рагӏи разиго, гӏодове виччан ва кколеб бакӏалда гурони абуларо гьес. Жинда кӏалъалев чиясул пикру хисизабизе бажарула гьесухъа: гьелъие гӏоло кьучӏал хӏужаби, далилал ва мисалал рачуна. Бищунго дие рекӏее гӏолеб хасият ккола цогидасухъ гӏинтӏамизе сабру гӏей ва гьес бицунеб рагӏул магӏна бичӏчӏизе хӏадурав вукӏин. Хабар бицунаго, киданиги чи хӏакъир гьавуларо гьес ва хӏакъирлъи жинцагоги киданиги хӏехьоларо. Жив вугеб бакӏалда цо чияс цогидасе хӏалихьалъи гьабулеб бихьани, гьесие гӏоло вахъинеги нахъе къаларо Ибрагьим.\nИбрагьимил хъизамалда ругел гьоркьорлъабазда ракӏ бахиллъула дир. Гьесул унго-унгояб хасият лъазе бокьани, хъизан-лъималгун вихьизе ккола гьев. Министрлъун хӏалтӏулеб заманалда хъачӏлъичӏогоги хутӏулев вукӏун ватиларо гьев – хӏалтӏул гӏемерлъиялъ, тӏуразаризе тӏадал ишал цӏикӏкӏиналъ, амма рокъов хъизамалъе, лъималазе хӏеренав ва тӏалабчилъи цӏикӏкӏаравлъун вукӏана цого заманалда. Рокъор гӏун рачӏунел ясал рукӏиналъ, гьездехун инсулаб тӏалабги, магӏаруласул букӏине кколеб хасиятги, жавабчилъиги букӏунаан. Лъималазда бихьизе бегьуларо гӏадлу хвей, гьездехун тамахлъи, гьел гогьдаризари букӏунароан гьесул. Гьелъги батилаха, ясалги лъикӏал, тарбия щварал, адаб бугел, гӏадамалъе рахъарал лъугьарал.\nЛъадудехун, Паридадехун, унго-унгояв бусурманчиясул адаб-хасияталда хьвадулев, гӏемерисев чиясул бер бахиллъиледухъ: букӏине кколеб хӏалалда кинабго чӏужуялдаса тӏалабги гьабулев, чӏужуялъе хъулухъги гьабулев, букӏине кколебщинаб гьелъиеги чӏезабулев чи вуго Ибрагьим. Къуръан-хӏадисалда нахъвилълъун, гьезул ахӏиялде рекъонкколедухъ, магӏаруласул кодексалда рекъон гӏумру тӏамурав чи вуго Ибрагьим. Паридаги Ибрагьимги руго кутакалда цоцазе хъулухъгун адаб гьабулел рос-лъади. Чан нухалъ мун хӏежалде арайилан гьикъана дица цо нухалда Паридада. Рос анищинахъе жийги анилан жаваб кьуна гьелъ дие. Гьеб жавабалда жанибго буго мисал босизе гӏураб гӏакълуги, адабги, сабурги.\nИбрагьим Паридаде киданиги гьаракь борхун кӏалъан ватиларо – гьедигӏанги лъикӏай йиго гьей. Чанги руччаби рукӏуна росасде гӏайиб гӏунтӏизабун кӏалъалел, гьезул гӏунгутӏаби хъирщулел. Лъималазе гӏакълугун тарбия кьезе бажарулел рос-лъади гӏемер ратиларо нилъер. Гӏаданлъиялъул, аваданлъиялъул, гӏагараб халкъалъе ва тӏолабго республикаялъе хъулухъ гьабиялъул мисал босизе бегьула гьездаса.\nГӏумру, лъикӏлъи гьабулаго тӏамулев Ибрагьимица васги ясалги гӏезаруна, гьел рукъалде руссинаруна, гӏемерав чиясул хъулухъ тӏубазабуна, рикӏкӏун хӏалкӏоларелгӏан гӏемерал унтаразул сахлъи тӏадбуссинабуна, дагъистаниязул рекӏелъ рокьул нухги лъуна. Халкъалъги гьев къабул гьавуна, гьелъие гьевги вокьана – гьелдаса кӏудияб талихӏ инсанасе киса букӏинеб?!\nИбрагьим гӏадинав чиясде абулеб батила, чӏаго вукӏаго, гьес гӏадамазул рекӏелъ жиндиего памятник банилан.\nХӏапизат Хӏамзатова, жамгӏиятчӏужу\nКинабго рахъалъан къадруяв инсан\nИбрагьим Ибрагьимовасулгун тӏоцебе дир лъай-хъвай ккана Польшаялда. Доб заманалда Германиялда хъулухъ гьабулеб букӏана дица. Генерал-полковник Танкаев Мухӏамадица вертолет битӏун бачӏана Польшаялде дун вачине. Гьеб заманалда гьенибе кӏудияб делегация бачӏине букӏун буго Москваялдаса. Гьал-\nбадерида цадахъ рукӏана Расул Хӏамзатовги, Хӏажи Хӏамзатовги, гьезул хъизаналги, Ян Френкельги, Ибрагьим Ибрагьимовги, гӏемерал цогидалги. Аэропорталде гьелбадерида дандчӏвазе ана ниж. Гьенир Танкаев Мухӏамадги нижги рукӏана хъизаналгун цадахъ. Польшаялъул хӏукуматалъ кутакаб дандчӏвайги гӏуцӏана гьалбадерие. Гьеб дандчӏвай берцинго нухда бачана нилъер чӏухӏи Расул Хӏамзатовасги, Мухӏамад Танкаевасги. Дун гӏажаиблъун вукӏана, дида хадуб вертолетги бачӏине кканиян, диего суалги лъун. Гьелъие жавабги бицун телин. Бихьулищ, Танкаев Мухӏамадил цӏодорлъиги цӏакълъиги. Дагъистаналде араб мехалъ гьес Гостелерадиоялда заказ гьабун букӏун буго кассета нилъер миллаталъул киналго кучӏдулгун. Танкаев Мухӏамадица Расул Хӏамзатов Польшаялде вачӏиналъул хӏурматалда мадугьалихъ ругел пачалихъазда хъулухъ гьабулел рукӏарал дагъистаниязул 130-гӏанасев офицер ахӏана гьениве. Сагӏатгун бащдалъ тӏубараб полкги гьалбалги гьел кучӏдузухъ гӏенеккизе тӏамуна гьес. Гьеб букӏана нижее кӏудияб асар гьабураб рохел. Чияр ракьалда ватӏаналъул кучӏдул рагӏи, гьеб киб букӏараб жо.\nНижеца Польшаялда бана 10 къо. Гьеб заманалда жанир ниж щвана Польшаялъул киналго шагьаразде. Киса-кирего рукӏана дандчӏваял, киса-кибего «дипломатияб» кӏалъай гьабулезул байрахъулав вукӏана Хӏамзатил Расул. Гьес бицана Дагъистаналъул, гьенир ругел батӏи-батӏиял халкъазул, гьезул гьоболлъи-гьунаралъул, махщелчагӏазул хӏакъалъулъ, рикӏкӏунел рукӏана жиндирго кучӏдул. Гӏурус мацӏалда Расулил кучӏдул ахӏулел рукӏана Ян Френкелица. Къокъго абуни, гьеб букӏана гӏажаибго аваданаб, рохел гьарзаяб заман. Гьелъ нижее гьабуна кӏудияб асар, дир рекӏелъ кӏочонареб лъалкӏ тана гьелъ. Гьел къоязда цадахъ вукӏарав Ибрагьимицаги дир рекӏее лъикӏаб асар гьабуна. Ибрагьим дида ватана махсара-хочӏ бокьулев, рекӏелъ восулев инсанлъун. Абизе ккола, генерал Танкаев Мухӏамадица дир тӏалаб гьабиги, гьесие дун вокьиги Ибрагьимидасан бачӏараб бугилан. Гьес имгӏал хӏисабалдаги Танкаевасда абун батана, абичӏониги дагъистаниязе жиндаса бачӏанщинаб кумек гьабулаан Мухӏамадицаги. Гьедин чияр ракьалда ккараб лъай-хъвай гӏумруялъго хутӏана нижер ракӏазулъ, ва дие Ибрагьим лъугьана кӏудияв вацлъунги гӏакълучилъунги, жакъаги кирго ниж цадахъ рукӏуна. Адаб-хъатиралъеги Ибрагьим вуго унго-унгояв магӏарулав. Хъизамалги нижер тӏаде-гъоркье щола, рохел-пашманлъиги цоцазе гӏахьал гьабула.\nЦӏикӏкӏараб гӏумруялде вахун вугониги, Ибрагьим жакъаги цӏодораб гӏакълуялда, къартӏалда, къадруялда вуго. Хӏалтӏуда гьев вуго гӏадилав, мисалияв, сабурав. Гьединазда гӏурусаз абула «трудоголик» абун.\nИбрагьимил цоги диего бокьулеб рахъги буго. Гьев вуго цӏакъ рагӏи-калам бегӏерав чи. Гьесул мацӏалда лъун букӏуна рагӏи. Гьезулги бегьила цо тӏехь хъвазе. Цо мисалги бачинин. Госпиталалде щварав Танка Ибрагьимов гьениб коридоралда лъун бугеб автомат-банкоматалдаса гӏарац бахъулев вукӏун вуго. Министр вачӏун вугилан хабарги лъан, тӏаде щварав инсуда васас абун буго, эмен дуе гӏарац къваригӏун батани, абе, дуеги бахъила гьабсагӏаталдайилан. Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго: «Балагье, асул цӏодорлъиги цӏакълъиги, жиндирго министерствоялдаса бахъичӏого, дир гьаниса бахъун кьезехъин буго дие дирго гӏарац», — илан. Киналго кеп щун релъун руго.\nИбрагьимил лъади Паридаги йиго лъикӏай, гьал-\nбал хирияй, динияй, хъизан-лъимал, гӏагарлъи ккурай, бокьараб рецц-бакъалъе мустахӏикъай гӏадан. Живго хӏалтӏулеб бакӏалда гьоркьоб гьесул къиматги буго, къадруги буго, цӏарги буго, цӏваги буго. «Тохтурлъиялъулги гӏаданлъиялъулги унго-унгояв генерал» вуго Ибрагьим.\nМухӏамад Тӏинамухӏамадов,\nгенерал-лейтенант\nТохтурлъиялъулги гӏаданлъиялъулги генерал\nГӏезегӏан гӏумру бихьарав чиги вугелъул, Ибрагьимил хӏакъалъулъ бицине жо дирги гӏемераб буго. Ибрагьим вуго дие вацлъи гьабурав чи, ай кӏудияв вацасул бакӏалда ватарав чи. Ибрагьим дидаса щуго соналъ кӏудияв вуго. Цӏалулеб заманалдаги, хӏалтӏулеб мехалдаги гьев кидаго дие гӏакълучилъун ватана. Дир вукӏинчӏо эмен, гьев мунагьал чураяв 1943 соналда майорасул чиналде вахарав гӏолохъанчи, Ватӏанияб рагъда чӏвана. Вукӏинчӏо вац, нахъасан вахъине чи. Гӏемерал гӏадамал рихьарав чи вугелъул, гьале дица абулеб, дида гьев гӏадин сундулго рахъалъ реццалъе мустахӏикъав чи дандчӏвачӏо.\nХӏукуматалъул хъулухъазда хӏалтӏулезда гъорлъги, гӏадатиял гӏадамазда жанибги Ибрагьимил гӏадаб бацӏцӏадаб гӏамал-хасияталъул чи дида халлъичӏо. Ибрагьим ватана гӏадамасухъ хӏеренго валагьулев, гӏадамасда гурхӏун, хӏалимлъун, хӏеренлъун, ккараб бахӏсалда гӏадилаб, кьварараб рагӏиги абулев, законалда рекъараб гурони ишги гьабуларев, мекъаб иш гьабулесда бадибе рагӏиги абун, витӏарасе кумек\nгьабулев чи.\nАбизе ккола, дир гӏумруялда жаниб гьедин кканин цо чанго нухалъ. Банкеталда рукӏа, данделъиялда рукӏа – кир ругониги тостал абулелъулги хӏел-хӏелчагӏиги камуларелъул, нилъ кутакалда рокьулеб ххвел гьабун, кӏалъалел чагӏиги рукӏунелъул, гьединаб заманалда гьенив гӏахьаллъарав Ибрагьимица дида ахиралда, батӏаги вачун, абулаан, ле Мухӏамад, гьабги-\nгьабги гьадин букӏуна, мун дуего гьабулеб рецц-бакъалдаги божун, бецлъизе чӏоге, гьасиеги досиеги мунги гуккун, дур хъулухъ къваригӏун букӏунила, гьеб дуда бичӏчӏичӏони, дуе квеш букӏине бугила. Чанго нухалъ гьединаб вацлъиялъулаб гӏакълу кьуна дие гьес.\nЦоги, Ибрагьимица абуна мун вугила Мухӏамад, хъулухъалъул балъголъи лъалев эхеде вахине вугев чи, дуца лъиениги ва лъиданиги цебе бетӏер къулугейила, дуца дудаго тӏадаб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго\nгьабуни, гьеб дуе лъикӏаб бугила, жинда гьеб батанила гӏумруялдаги гӏелмуялдаги жаниб.\nГьединго гьес абулаан ворегийила, Мухӏамад, дуца эбелалъул ургъел-тӏалаб гьабичӏого тогейила. Дур эмен гьечӏила, дур эмен гӏолохъанго бахӏарчилъиялда рагъда хванила, хӏалкӏун эбелалъул хӏурмат гьабейила. Дуе гьей алжанги йигила, анищги йигила, гьединлъидал гьелъие кӏвараб кумекги гьабейила.\nКидаго дида хадуб Ибрагьимица хъаравуллъи\nгьабулаан. Дие цӏияб хъулухъ яги иргадулаб офицерасул цӏар щведал, дир гьеб ахӏи-хӏуралда чура-хули гьабизе гӏолохъанлъиялда рес букӏинчӏо. Гьединаб заманалда кидаго кумек Ибрагьимидасан бачӏунаан. Гьудул-гьалмагъзабазда букӏа, гӏага-божаразда букӏа абун малъа-хъван дун кӏодо гьавун, данделъи гӏуцӏизе хӏаракат бахъулаан.\nАкадемияги лъугӏун, дун вачӏараб заманалда, гьединаб данделъи гӏуцӏизеги дие сайгъат-шапакъат кьеялъеги гьев ургъун ватана.\nГенераласул цӏар дие щвараб мехалда, суал букӏана борхун, дун МВДялъул министрлъун тӏамиялъул. Гьеб хъулухъ щвезе бокьаразул сияхӏги кӏудияб букӏана, магӏарулав, ай Гӏабдуразакъов гьениве виччазе бегьуларин гӏарзахунелги рукӏана. Гьеб заманалда Москваялдаса бачӏана хасаб бригада гьеб суалалъул цӏех-рех гьабизе. Гьебмехалда дидаса балъго Ибрагьим кӏалъан ватана Москваялда вугев нилъер ракьцояв Танкаев Мухӏамадихъе. Гьесда абун буго гьев Гӏабдуразакъов гӏадин министрлъун ккезе мустахӏикъав чиги гьечӏин, гьесул эменги майорлъиялде вахарав чи, рагъда чӏванин, гьев чӏаго хутӏун вукӏаравани, дудасаги тӏадегӏан вахарав чиги вукӏинаанин, Мухӏамадил нахъасан вахъине чи гьечӏолъиялъ гьесие хӏалихьалъи гьабулел чагӏи ругин, гьесул вас гьечӏин, вац гьечӏин, мун тӏад ургъейилан. Гьеб заманалда Танкаев ун вуго МВДялъул министрасухъе ва гьесие хӏакъикъат бицун буго. Гьесда дир эменги лъалев ватун вуго, гьесул амруялда дие приказги\nхъвана. Гьеб кинабго дида лъана нахъа, живго Танкаев Дагъистаналде вачӏараб мехалъ, гьес бицун.\nЦоги, бицинчӏого гӏоларо, 1991 соналъул августалда ГКЧПялъ ахӏи-хӏурги гьабун, доб хӏабургъараб заманалда ккаралъул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул киналго хӏакимзаби, Мухӏамадгӏалиде гӏунтӏун, Мос-кваялда рукӏана цо дун хутӏизегӏан, щибдай гьалъул кколебилан. Гьеб мехалъ дица Ибрагьимида гьикъана, щибдай гьабун лъикӏилан, Ибрагьимица абуна ворейила, мун гьел тӏасанкӏанцӏаразухъ гӏенеккугейила, гьезул харбазда мун божугейила, умумузул аби бугила «гӏакълу цебе, ццим нахъе» абун. Ццимги къезабун, гӏакълу цебе ккезабейила, мун ургъейила, умумузул гӏакълуялда борцейила. Ургъичӏого жо гьа-\nбугейила, гьазде кьвагьейин, дозда речӏчӏейин абулезда мун божани, квеш ккелила, Аллагьас мун цӏунагийила. Гьединаб гьудуллъиялъулаб берги кверги киданиги Ибрагьимица дида тӏаса босичӏо.\nЦоги, рехсечӏого гӏеларо, хӏеж борхизе дунги хъизан-лъималги инцин Ибрагьимил кумек-баракаталдалъун ккана. Устарасухъе Чӏикӏавеги дун Ибрагьимица вачана. Гьесухъа гьитӏинабго тӏадкъайги босана. Гьанже пенсиялда вугев чиясе чӏумалги рехун дие бугеб парахалъи – гьебги Ибрагьимил баракат буго.\nИбрагьимил хӏакъалъулъ дида кӏвелаан цо тӏехь хъвазегӏан жо бицине. Кинниги гьесул хӏакъалъулъ гӏемерал гӏадамаз бицине бугелъул, къокъ гьабила. Валлагь, гьесул хъизан Паридаги йиго лъикӏай, унго-унгояй магӏарулай, муъминай, сайгъат-садакъаялъе лебалай гӏадан. Нижер хъизаназулаб гьудуллъиги букӏана, тӏаде-гъоркьеги щола.\nАхиралда Ибрагьимие сахлъиги гьарулаго дица абила, генераласул борхалъуде вахине дие кумек гьабуразул аслияв чи Ибрагьим кколилан. Гьеб киналъухъго баркала дуе, дир кӏудияв вац. Дун гурев, мун вуго генерал тохтурлъиялъулги, гӏаданлъиялъулги, вацлъиялъулги рахъалъ.\nМухӏамад Гӏабдуразакъов,\nгенерал-лейтенант\nШамил районалъул Къахӏиб росулъа Гӏарип Расуловас, Мухӏамад Анабиловас, Мансур Зайнулгӏабидовас, Мухӏамад Шапиевас, Муслим Муслимовас, Мухӏамад Гӏариповас, Гӏусман Пахутаевас, Набигула Муслимовас гъваридаб пашманлъиялда зигара балеб буго цересел соназда сахлъицӏуниялъул министрлъун вукӏарав Ибрагьим Ибрагьимов Аллагьасул къадаралде щвеялда бан, гьесул лъималазда, хъизамалда, гӏагарлъиялда ва тӏолабго гьидерил жамагӏаталда.\nАллагьас гьесие Алжан насиб гьабун батаги нахъе ругезе сабруги сахлъиги кьеги.\n***\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги пашманлъиялдалъун зигара балеб буго Ибрагьимил гӏагарлъиялда гьев лъикӏав инсан къадаралде щвеялда бан. Аллагьас ахират лъикӏаб кьун батаги."}
{"slug": "4157-batsitsiadab-l-im-urgisalabaze-daru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4157-batsitsiadab-l-im-urgisalabaze-daru", "title": "Бацӏцӏадаб лъим — ургьисалабазе дару", "date": "2019-04-09 07:26:12", "categories": ["med"], "text": "Инсанасул чорхолъ киналъулъго гӏахьаллъула ургьисалаби\nДунялалда вуго ургьисалабазул батӏи-батӏиял унтабаз унтарав 850 миллион чи. Ургьисалабазул халатбахъараб унтиялдалъун цо лъагӏалида жанив дунялалда холев вуго 2,4 миллион чи.\nЖакъа Россиялъул халкъалъул анцӏго процент, ай 14 млн (Дагъистаналда 4000) чи унтун вуго ургьисалабазул халатбахъараб унтиялъ. Гьелъул хӏасилалда Россиялда щибаб соналъ 41,5 азарго чиясе инвалидлъи чӏезабулеб буго.\nУргьисалабазул унти бигьагьабулеб хасаб терапия ва гемодиализ хӏалтӏизабиялъул рахъалъ Россия дунялалда ахирисеб бакӏалда букӏин ккола нечезе ккараб хӏужа!\nИнсанасул сахлъиялъе ургьисалабазул бугеб кӏваралъул, гьел унтиялъе ругел гӏиллабазул ва цӏунизе кколеб къагӏидабазул, гьединго нилъер республикаялда гьел сахгьариялъе гӏуцӏун ругел ресазул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Республикаялъул клиникияб больницаялъул нефрологикияб отделениялъул заведующая, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул отличник Фатима Гӏабдурахӏмановалъулгун:\n— Инсанасда ургьисалабазул унти ккеялъе кинал гӏиллаби ругел?\n— Гьелъие «квербакъулел» аслиял гӏиллаби ккола: гьекъолди, хъалиян цӏай, наркотикал хӏалтӏизари, халатбахъун ва низам гьечӏого дараби хӏалтӏизари, лъел бакӏалда чай, кофе гьекъей, черх хӏалхьиялда тей, кьарияб ва цӏамхӏалаб квен, батӏи-батӏиял ва халатрахъарал рахунел унтаби, цӏикӏкӏараб квач ва багӏари…\nХӏинкъи букӏуна халатбахъараб (хронический) ургьисалабазул унтаби ругел чагӏазул бидул тӏадецуй, чакрил унти ва рекӏелгун бидурихьазул унтаби тӏатиналда.\n— Ургьисалабазул кинаб кӏвар бугеб инсанасе?\n— Инсанасул чорхолъ ургьисалабаз киналъулъго гӏахьаллъи гьабула. Гьез чорхолъа къватӏире «гъола» къваригӏунарел хутӏелал ва заралияб чороклъи, бацӏцӏуна би, бацӏцӏуна тӏокӏаб цӏамудаса ва лъедаса. Ургьисалабазда жаниб лъугьунеб ренин абулеб гормоналъ рекъезабула бидул тӏадецуй. Гьелъул кумекалдалъун чорхолъ лъугьуна цӏиял бидул клеткаби — эритроцитал. Ургьисалаби гӏахьаллъула черхалъул цӏа-кан рекъезабиялъулъги.\n— Кинаб унти рикӏкӏунеб бищунго хӏинкъи бугеблъун? Регионалда бараб жо букӏунищ гьел унтабазул?\n— Бищунго хӏинкъи бугеллъун рикӏкӏуна кватӏун, ай сахгьарун бажарулеб мехалъ гурони тӏатунарел унтаби. Ургьисалабазда жанир ганчӏал лъугьин, ракалъул ва диабеталъул хӏинкъи букӏин гӏемерисезда лъала, амма ургьисалабазул артериалияб тӏадецуй цӏикӏкӏун букӏин къанагӏат гурони лъаларо. Жакъа Россиялда гьеб унти рикӏкӏуна бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун. Гьеб ккола мекъаб гӏумру гьабиялъул ва гӏумру гьабун вугеб бакӏалда ругел захӏмалъабазул хӏасилалда. Гьайгьай, битӏун букӏинаан Россиялда ургьисалаби унтарал киналго чагӏазул регистр гӏуцӏани, гьелда рукӏинаан унтаразул унтабазул баянал. Гьелдасан лъалаан гӏумру гьабун ругеб бакӏалда бараб жо ургьисалабазул унтабазул букӏунищали. Гӏемерисел пачалихъазда гьединал регистрал церего гӏуцӏун руго.\n— Ургьисалабазул унтабаздаса цӏуни-къай кин гьабизе кколеб?\n— Лъагӏалида жаниб цо нухалъниги щивав чияс, ургьисалабазул ультразвукалъулаб хал-шал гьабулеб бугони ва бидулъ букӏунеб креатининалъул къадар борцунеб бугони, гьединал унтаби цудунго тӏатуна.\n— Ургьисалабазул унтаби сахгьариялъул нилъер гьанибги къватӏисел пачалихъаздаги кӏудияб батӏалъи бугищ?\n— Дагъистаналъул нефрологазда лъикӏ лъала ва хӏалтӏизарун бажарула гьабзаманаялъулал унтаби тӏатинариялъул ва сахгьариялъул киналго къагӏидаби. Аслияб масъала ккола специалистал-нефрологал гӏоларого рукӏин ва мукъсанаб къадаралда гурони гьелъие гӏарац биччаларого букӏин.\n— Цере гӏарзал рукӏунаан унтарал чагӏазул би бацӏцӏине гӏурал аппаратал гьечӏилан…\n— Гьеб масъала тӏубараблъун рикӏкӏине бегьула. Жакъа республикаялда хӏалтӏулеб буго би бацӏцӏунеб (гемодиализный) ичӏго центр, гьездасан лъабгояб Махӏачхъалаялда.\n— Ургьисалаби кин цӏунизе кколел?\n— Гӏумру гьабизе ккола сах-саламатго, гьекъолди ва хъалиян цӏай рикӏкӏуна ургьисалабазул бищунго кӏудиял тушбабилъун. Гӏемер хӏалтӏизе бегьуларо унти къинабулел дараби. Лъагӏалида жаниб цо нухалъниги халгьабизе ккола ургьисалабазул бугеб хӏалалъул.\n— Ургьисалабазул унтаби кин тӏатинарулел?\n— Ургьисалаби ккола цӏакъ гӏодобе биччараб лага. Гьезул унти кватӏун гурони лъаларо. Гьединлъидал бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарав чи чара гьечӏого халгьабизе ине ккола нефрологасухъе, хасго 40 сониде вахиндал.\nИнсанасул кьаралъиги унтилъун рикӏкӏуна. Гьеб сахгьабизе ккола нефрологгун цадахъ.\nУргьисалабазул унти балъго цӏикӏкӏунеб букӏуна. Гьединлъидал, диспансеризация тӏобитӏулаго, чара гьечӏого кьезе ккола кӏващул гӏаммаб анализ.\n— Ургьисалабазда жанир ганчӏал ва сали сундасан лъугьине бегьулел?\n— Гьелъие гӏиллалъун букӏине бегьула гӏемерал цӏамал гъорлъ ругеб хъачӏаб лъим, гьеб аслияб къагӏидаялъ «ирсалъе» щола. Узухъда, бараб буго нилъеца гӏумру гьабулеб куцалдаги — кӏвахӏ, кванилъ гӏадлу гьечӏолъи «рекӏее гӏоларо» ургьисалабазе.\nАбизе ккола, ургьисалабаздаги ццидал къвачӏидаги жанир лъугьунел ганчӏазда гьоркьоб кинабгӏаги бухьен гьечӏилан, гьел лъугьуна батӏи-батӏиял гӏиллабаздалъун.\n— Черх цӏорозе биччани, ургьизалаби унтиялда хӏинкъи букӏунищ?\n— Букӏуна, цӏороялдалъун инфекция ккола бихьиназул жинсияб логода жанибе, гьениса кӏващул къвачӏинибе, хадуб ургьисалабазде. Ургьисалаби унтизе бегьула цогидаб инфекциялъул унти тӏаде цӏикӏкӏиналдалъунги, масала, ангина. Ккола бигун цадахъ инфекция ургьисалабазде жанире ккаралги лъугьа-бахъинал. Гьелдалъун ургьисалаби гьороялда хӏинкъи букӏуна.\n— Ургьисалаби цӏуниялъе щиб лъикӏаб бугеб, хурдузул кумек букӏунищ?\n— Руго цо гьадинал рагӏаби: «Стакан лъел гьекъе ва дурго ургьисалабазда барке». Лъикӏаб буго гӏураб къадаралда лъим гьекъеялъул. Гӏадамаз кӏвар кьола кванде, амма черхалъе лъел пайда цӏикӏкӏараб буго. Гьекъезе ккола гӏадатияб бацӏцӏадаб лъим. Бегьула шушбузул яги рокъоб фильтралъ бацӏцӏараб лъимги. Гьелда гъорлъ къоркъотӏамах, чӏотӏохер ва тӏогьилхӏет гӏадал даруял чӏахӏал ругеб лъим хӏалтӏизабизе бегьула. Амма гьеб дару тохтурасулгун дандбазе ккола.\n— Тӏад балагьун, лъазе кӏолищ ургьисалаби унтарав чи?\n— Лъикӏав тохтурасда, бер кӏутӏарабго, лъала ургьисалаби унтарав чи. Гьесул тӏомол кьер хисун букӏуна, свакан, макьихун вукӏуна гьев. Ургьисалаби унтун рукӏиналъул бицунел гӏаламатал ккола хӏатӏал ва кверал гьорой ва беразда гъоркь къучӏби лъугьин.\n— Къокъго бицинарищ унтарал сахгьариялъе нужер отделениялда гӏуцӏун ругел ресазул…\n— Исана нижер отделение рагьаралдаса анцӏго сон тӏубала. Гьениб буго 52 койка-бакӏ. Ахирал соназда отделение лъикӏал специалистаздалъун ва гьабзаманаялъулал алатаздалъун хьезабуна, чӏезарун руго киналго къваригӏунел дараби. Унти чӏезабизе ва сахгьабизе жакъа нилъер унтарал, цере гӏадин, республика тун къватӏире ине кколаро. Нижеца унтарал къанагӏат ритӏула Москваялде яги Ростовалде нефробиопсия гьабизе. Кватӏичӏого гьеб нижер отделениялдаго тӏубазабизе планалда буго.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4158-khitiabalda-tiasan-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4158-khitiabalda-tiasan-pikrabi", "title": "Хитӏабалда тӏасан пикраби", "date": "2019-04-09 07:27:58", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Нугъаялдаса гьанги Унсоколоса ахбазанги\nДагъистаналъул лъалъазе кколеб ракьалъул 120 азарго гектар лъалъалебго гьечӏо\nЭкономикиябгун социалияб гӏумруялъул хӏакъикъат бичӏчӏулел специалистазул цо-цояз абула Дагъистан цебетӏезе ккани, чара гьечӏого кӏвар кьезе кколин ункъо бутӏаялде: росдал магӏишаталде, энергетикаялде, туризмалде ва транспорталде (гӏорхъода рукӏинги, хинаб ралъдал рагӏаллъиги хӏисабалде босун). Ункъабго бутӏаялъул руго жидее хаслъи бугел щулиял кьалбалги (+), руго кьучӏ жагъалал далилалги (-). Кин бугониги, гӏемерисез букӏинесеб бухьинабула росдал магӏишаталда – нилъер гьаниб буго кинабго рахъалъ рекъараб гьава-бакъги, тӏад хӏалтӏи гьабун хадуб лъикӏаб хӏасил кьолеб даражаялъул гӏемерисеб ракьги, гӏемерал гӏадамазул рукӏа-рахъинги буго гӏи-боцӏухъанлъиялда, ракьул хӏалтӏабазда хурхараб. Гьелъул ракӏчӏараб букӏинеселда щаклъи гьечӏолъиялда цадахъго, ахирал соназда гьелъ рихьизарулел руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилалги, хасго гӏи-боцӏухъанлъиялъул бутӏаялда. Халкъияб Собраниялде республикаялъул бетӏерас гьабураб исанасеб Хитӏабалдаги росдал магӏишаталда бугеб ахӏвал-хӏалалде буссинабуна кӏудияб кӏвар ва хасаб бербалагьи гьабуна гьелъул чанго рахъалде. Тӏоцебесеб, гӏезарурал нигӏматазул гӏаммаб къадар гӏемерго цӏикӏкӏаниги, гьелъул нилъер гьаниб къачӏалеб бутӏа жеги буго цӏакъго гьитӏинаб: овощазул – 1 процент, пихъил – 6 процент, гьанал – 6 процент, рахьдал – 10 процент.\nКӏиабилеб, кӏудияб масъала буго гӏезарурал нигӏматал цӏунизе бакӏал, цӏияб тайпаялъул централ-складал гӏоларого рукӏин.\nЛъабабилеб, гьанал тӏалаб цӏикӏкӏиналда бан баккулеб буго кӏиго суал – къватӏисел пачалихъазде унеб гьанал къадар цӏикӏкӏиналда (2018 соналда жаниб къого нухалъ) цадахъго нилъер гьаниб гьелъул багьа цӏакъго бахине биччангутӏи ва, жакъасеб къоялъул тӏалабазда рекъон, кӏалцӏи-хер хӏадури гӏатӏид гьаби.\nУнкъабилеб, лъалеб хӏужа буго гӏи-цӏцӏаназде гьан бахуна риидал мучӏдузда ругеб заманалда, амма гьелъул кӏудияб бутӏа камула нухда, хасало гӏодоблъиялде гочинабулаго. Гьоркьохъеб хӏисабалда, хасало гӏодоблъиялде гочинабула гӏи-цӏцӏаназул 1,3 млн бетӏер ва нухда (цо моцӏгӏанасеб заман) камула гӏага-шагарго 7 азарго тонна гьанал (гъоркьиса Ираналде нилъеца бичана 4,2 азарго тонна). Гьединлъидал жавабиял идарабазул хӏалтӏухъаби ургъулел руго магӏарухъго гӏи хъун бажарулел ресал ралагьиялда тӏад. Гьел тадбиразе исана бихьизабун буго 150 млн гъурушги.\nЩуабилеб, пайдаяб куцалда магӏишатияб ракь хӏалтӏизаби ва лъалъалел ракьазде хасаб кӏвар кьей. Дагъистаналда буго лъалъалеб ракьалъул 400 азарго гектар, амма хӏакъикъаталдайин абуни гьелъул лъалъалеб буго лъабго бутӏа гьабун кӏиго бутӏа. Гьебго заманалда нилъер гьанир гӏезарурал нигӏматазул 70 процент буго лъалъалел ракьазда бижараб, гьелъги якъинго бицуна гьединал ракьазул пайда букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал чара гьечӏого хӏажат буго гьел ракьазул даража борхизабизе, гьенир мелиорациялъул хӏалтӏаби гьаризе ва гьел хӏажатаб къадаралда лъедалъун хьезаризе. Исана гьел тадбирал тӏураялъе 500 млн гъуруш хӏисабалде босизе хӏукуматалда тӏадкъана республикаялъул бетӏерас. Гьал тӏадехун рехсарал, республикаялъул бетӏерас Хитӏабалдаги рорхарал масъалаби дандразе Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъ 27 марталда миллияб библиотекаялда тӏобитӏана кӏудияб данделъи. Гьелда гӏахьаллъана Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул, Лъел магӏишаталъул министерствабазул нухмалъи, Халкъияб Собраниялъул аграрияб комитеталъул председатель, районазул бутӏрул, росдал магӏишаталъул управлениязул, гӏаммал ва фермеразулал магӏишатазул нухмалъулел. Данделъи рагьарав ва нухда бачарав росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана мелиорациялъул, лъалъалел ракьазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ, рехсана росдал магӏишаталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул гӏаммаб баян ва киналго гӏахьалчагӏи ахӏана чӏагояб ва чӏванкъотӏараб гара-чӏвариялде. Мелиорациялъулаб хӏалтӏул (ракь лъалъаялъе бугеб гӏаммаб хӏалтӏи – цӏиял каналал рахъи ва басриял къачӏай, лъим бикьулел, рекъезарулел шлюзал лъей ва гь. ц) ва лъалъалел ракьазул бугеб хӏалалъул, гьезул рахъалъ ругел программабигун планазул хӏакъалъулъ бицана кӏалъазе рагӏи кьурав министерствоялъул механизациялъул отделалъул начальник Нисред Нисредовас. — Дагъистаналъул магӏишатиял ракьазул 90 процент буго тӏабигӏияб лъим, реччел къанагӏатаб. Гьединлъидал гьеб ракьалъул пайда, гьелъ кьолеб бачӏин цӏикӏкӏинабиялъе ругел хӏужабазул аслияблъун ккола гьеб лъедалъун хьезаби. Жакъа бугеб куц босани, лъалъалел ракьазул 212 азарго гектаралда (53,6 процент) лъел каналазул ва коллекторазул техникияб хӏал буго цӏакъго гӏодобегӏан даражаялда, лъалъазе кколеб ракьалъул 120 азарго гектар лъалъалебго гьечӏо. Гьел суалал тӏураялъул мурадалда тӏадеги 500 млн гъуруш биччана. Гьеб буго цебехун киданиги букӏинчӏеб кумек. Гӏарац биччан буго магӏишатазда (гӏодоблъиялда ругел) жанир ругел мелиорациялъулал каналал цӏигьариялъе, къачӏаялъе ва Гъизляр зонаялъул хӏарибакӏал лъедалъун хьезаризелъун гьенир цӏиял буругъал рахъиялъе. Рехсарал хӏалтӏаби гьарулаго магӏишатазул арал харжазул 70 процент пачалихъалъ тӏадбуссинабула. Гьеб программаялда гъорлъе лъугьине бокьараз ва гьединаб рес бугел магӏишатаз гъира букӏин загьир гьабизе ккола 20 апрелалде щвезегӏан. Цебечӏараб, гьабизе бугеб хӏалтӏул проекталъулабгун сметаялъул документация лъугӏун букӏине ккола тӏоцебесеб августалде щвезегӏан. Хӏажатаб хӏалтӏи тӏубазе ккола 20 ноябралде щвезегӏан. Киналъего бихьизабураб заман гӏемераб гьечӏо, амма гьелъие батӏияб ресги гьечӏо, — ян бицана Н. Нисредовас.\nБиччараб гӏарцуда рекъон хӏалтӏи гӏуцӏизе кӏвани, гьелъ рес кьезе буго ракӏарулел ва гӏезарулел нигӏматазул къадар гӏемерго цӏикӏкӏинабизе. Мисалалъе, 2020-2024 соназда жаниб 37 азарго тоннаялъ цӏикӏкӏине буго къватӏисел пачалихъазде унеб пиринчӏ (гьабсагӏаталда нилъер пиринчӏ уна Тажикистаналде, Казахстаналде, Азербайжаналде, чанго азарго тонна босизе тӏалабал гьарулел руго Турциялдаса) ва микьазарго тоннаялъ гӏиял гьан (гьабсагӏаталда Ираналде уна ункъазаргогӏанасеб тонна). Хадур кӏалъазе рахъарал росдал магӏишаталъул управлениязул ва магӏишатазул нухмалъулез, цогидал специалистаз рорхарал суалазда рукӏана гьадинал тӏалабал.\n— Программаялде гьоркьоре лъугьине бокьарал магӏишатазул букӏине ккола кадастралъулаб хъвай-хъвагӏай;\n— программаялъ тӏубазе буго магӏишатазда жаниб бугеб мелиорациялъулаб хӏалтӏи, бегьуларищ гьединабго программа магӏишатазда гьоркьор ругел каналалгун коллекторал къачӏаялъеги гӏуцӏизе;\n— советияб заманалда рукӏарал чӏахӏиял магӏишатазда жанирги гӏуцӏун руго чанго гьитӏи-гьитӏинал магӏишатал, кин тӏубазе бугеб гьезул хъулухъ;\n— щибаб магӏишаталъ жинди-жиндир ракьалда гьеб гьабичӏого, бегьуларищ гьелъие цо хасаб, киналго магӏишатазда жаниб мелиорациялъулаб хӏалтӏи тӏубалеб организация гӏуцӏизе;\n— гьабизе бугеб хӏалтӏул проектал рахъи буго багьаяб хӏалтӏи, бегьуларищ гьеб рахъалъги пачалихъалъ магӏишатазе квербакъизе;\n— гьабураб хӏалтӏул 70 процент пачалихъалъ тӏадбуссинабулеб бугелъул, бегьуларищ гьеб гӏарцул цо бутӏаниги цебеккунго магӏишатазе кьезе.\nУнсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас абуна гьадин: «Программаялъ хӏисабалде босун буго гӏодоблъиялда бугеб ракь. Амма мугӏрузул районазеги бугелъул лъел рахъалъ къварилъи. Щай гьездехунги кӏвар кьолареб, цохӏо гӏиял гьанги кун гӏоларелъул, гьелдаго хадуб къваригӏунелъул ахбазанги микьирги», — ян.\nДанделъиялъул хӏасил гьабурав Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас тӏадкъана тӏадехун рехсарал киналго суалал къалмикье росизе. Киналго гӏахьалчагӏаздаги гьес лъазабуна «Меркурий» системаялде лъугьиналъул суалал хехаб хӏалалда тӏураялде рачӏине кколин. Ракӏалдещвезабуна исана хасел хинаб букӏиналъул хӏасилалда гарцӏалъ гучал ва балагьал гьужумал гьаризе рес букӏиналъул. Тӏадаблъун гьабуна гьелде дандечӏеялъул тадбиразде гьанжего хӏадурлъи гьаби. Гьесго баян гьабуна апрелалъул кӏиабилеб шамат къо, тӏолабго Дагъистаналдаго росу-ракь, хъутаби-гӏалахал рацӏцӏад гьариялъул мурадалда, субботниклъун лъазабун букӏинги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "4159-k-uvat-tsol-iyal-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4159-k-uvat-tsol-iyal-ul", "title": "Къуват — цолъиялъулъ", "date": "2019-04-09 07:30:26", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нилъер гьаракь рагӏизелъун\nХӏажат бугищ нилъее Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс?\n«Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс» (РКНК) абураб тӏолгороссиялъул цолъи гӏуцӏана 2007 соналда. Гьебги, аслияб къагӏидаялда, дагъистаниязул хӏаракаталдалъун. Дицаги дида цадахъ рукӏарал цо чанго чиясги гьеб хӏаракаталда гъорлъе цӏана чачаназулги, ингушазулги, асатӏиназулги, адыгазулгун кабардиназулги ва гъарачаязулгун балкаразулги миллиял гӏуцӏаби ва Москваялда тӏобитӏана тӏоцебесеб съезд. Гьелда гӏахьаллъана 45 регионалъул вакилзаби, гуребани нижер гӏуцӏиялъул хъвай-хъвагӏай гьабилароан РФялъул Юстициялъул министерствоялда.\nЩай хӏажат букӏараб гьединаб цолъи гӏуцӏизе? Щайгурелъул улкаялда гучлъулеб букӏана ультранационализм – цо миллаталъул яги цо улкаялъул интересазе гӏоло къеркьолаго, цогидал миллатал хӏакъир гьари аслияблъун рикӏкӏунеб идеология. РФялъул батӏи-батӏиял регионазда кколеб букӏана миллатазда гьоркьосеб дагӏба-рагӏи, хвезарулел рукӏана хӏалтӏизеги, хӏухьбахъизеги, минаби рукӏинеги ва эркенго кӏалъазеги ругел Россиялъул Кавказалъул халкъазул ихтиярал. Москваялъулги РФялъул чӏахӏиял шагьаразулги милициялдаги батӏи-батӏиял СМИяздаги «рагӏулелго рукӏинчӏо» кавказалъулал: ритӏухълъи-гьересиялъул хӏисабго гьабичӏого, жанир тӏамулел рукӏана гьел, хӏакъир гьарулел рукӏана. Москваялда гӏумру гьабулев вукӏарав дидаги чанцӏулго хъинтӏана гьеб лъикӏаб гуреб бербалагьи. Кинаб хӏалха букӏун батилеб, дирго гӏадал бухьенал гьечӏел нилъер ракьцоязул? Гьединлъидалги ракӏалде ккана нижеда гьеб хӏаракат гӏуцӏизе.\nБукӏана гьелъие цоги гӏилла. Гӏалхулаб капитализмалъул идеологиялъ куцарал Северияб Кавказалъул гӏолилазе хӏажат букӏана инсулаб рагӏи, тарбия. Гьезул гӏемерисезул хьвада-чӏвади букӏана, эркенлъиялде рорчӏарал гугьунбачазул гӏадинаб — гьезухъа гӏемер рорчӏулаан ватӏаналда киданиги гьаруларел ишал. Хасго гьединаб хьвада-чӏвади гӏемерлъун букӏана дагъистаниязда гьоркьоб.\nРФялъул батӏи-батӏиял регионазда гӏумру гьабулеб буго 750-800 азаргоялдаса цӏикӏкӏун дагъистаниясги, 600 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чачанасгун ингушасги, 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун адыгасгун кабардинасги, 50 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гъарачаясгун балкарасги. Гьел хӏужаби руго гӏага-шагарго рехсарал. Амма хӏакъаб буго дагъистаниялгун вайнахазул къадар миллионгун бащдалде гӏунтӏулеблъи. Гӏумру лъикӏаб букӏун гуро СКФОялъул республикабаздаса гӏадамал гочунел ругел. Бищун гӏемер гочунел руго Дагъистаналдаса: щибаб соналъ 15 азаргогӏанасев чи вукӏуна республикаялдаса уневги вачӏуневги. Чачаналде дандеккун, щуцӏул цӏикӏкӏун ккола гьеб.\nХьул букӏана, Путинил администрациялдеги батӏи-батӏиял министерствабаздеги (МВДялдеги, Оборонаялъул министерствоялдеги (нилъер контрактниказеги призывниказеги квота цӏикӏкӏинабеян абун) культураялъулги лъайкьеялъулги ва гь.ц.), гьединго, Югалъул федералияб округалъул нухмалъиялдеги нухал ратиялде. Доб заманалда рукӏинчӏо Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министерствоги СКФОги. Нижер (РКНКялъул) пикруги хӏисабалде босун, гӏуцӏана гьеб кӏиябго идара. Амма гьезул хӏаракат нижер пикрабаздаса рикӏкӏад буго.\nУзухъда, ракӏалда букӏараб кинабго гуро гӏумруялде бахъинабун бажарараб. Амма цо-цо иш рагӏалдеги бахъана. Кин бугониги, РКНКялъухъа бажарана РФялъул президентасул администрациялъулги, Москваялъул нухмалъиялъулги ва РКНКялъул къуватал отделениял ругеб улкаялъул жеги 10 регионалъул нухмалъиялъулги бербалагьи хисизабуна. Власталъе бокьуларелъулха жидер берзукьа борчӏараб пикру. Абизе ккола, тӏолабго Россиялдасаго гӏолилалги ракӏарун, «Машукал» тӏоритӏулел машгьурал форумалги гӏуцӏана РКНКялъ (2010-2012 соназда) КЧРалъул Домбаялда тӏоритӏарал гӏолилазул форумазул мисалалда рекъон. Нижеца гьенир ракӏарулаан батӏи-батӏиял НКОязул кӏинусгониги вакил – Северияб Кавказалъул 100 ва РФялъул «гӏурус» регионалдаса жеги 100. Анкьалъ тӏоритӏулаан гургинал столал, мастер-классал, лекциял. Гьел рукӏана гӏолилазе цӏакъ пайдаял тадбирал. Гӏурус гӏолилаздаги, гьезда гъорлъ рукӏана миллатчагӏазул церехъабиги, гьезда лъикӏ лъана Северияб Кавказ ва гьелъул букӏана кӏудияб хайирги.\nГьелдаса хадуб РКНКялъул гӏахьалчагӏазда гьоркьоб ккана дагӏба. Гьелъ квалквал гьабуна гӏолилазе цӏакъ пайдаяб ишалъул цебетӏеялъе. Кавказалъулазул хасияталда рекъон, гӏаммал ишаздаса цереселлъун цо-цоязе ккана жиндирго мурадал. Гьелда бан, ахираб ункъо соналъ сасана РКНКялъул регионазда гьабулеб букӏараб хӏаракат. Гьелъул хӏасилалда РКНКялда гъорлъе рачӏана власталъул квербакъиялдаса пайда босулел ва щакаб хасият загьирлъулел шоуменалги. Хӏажат букӏанищ гьеб нилъее?\n2019 соналъул байбихьудаса хӏадурлъулел руго РКНКялъул ункъабилеб съезд тӏобитӏизе, конфликтги лъугӏанин ккола. Съезд тӏобитӏизе кколаан 20 апрелалда РФялъул Жамгӏияб палатаялда, улкаялдаго машгьурал гӏадамазул гӏахьаллъигун.\nРакӏалда буго тӏолалго регионазул вакилзаби гьенир гӏахьал гьаризеги чӏахӏиязул иш гӏолилазухъе кьеялде кӏваркьезеги. Гьеб хӏаракаталъе хӏажат вуго къадруяв, бищун тӏадегӏанаб идараялда Северияб Кавказалъул масъалабазул хӏакъалъулъ бицине бажари бугев цевехъан. Гьелъул хӏакъалъулъ чанцӏулго хабар ккана мунагьал чураяй Сулиета Кусовалъулги, РКНКялъул Тӏадегӏанаб советалъул член, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловасулги, дирги.\nКӏвар бугел масъалаби тӏуразе ккани, РКНКялъул хӏаракат букӏине бегьуларо власталде дандечӏараблъун. Амма гьеб букӏине бегьуларо цӏакъго кӏваргьечӏеблъунги, ай власталъе хӏажатабщинаб тӏубалеблъунги. Мех-мехалда «цабиги рихьизаризе» ккола, амма гьелъ квалквал гьабизе бегьула грантазул рахъалъги, хӏакимзабаз жидеда церечӏарал масъалаби тӏурангутӏиялъулги. Батизе ккола «гьоркьохъеб», киназего санагӏатаб нух ва кьезе ккола РКНКялъул цебетӏеялъе нух. Дида ракӏалде ккола, гьеб гӏуцӏи цӏунизе кколин букӏинеселъе гӏоло.\nДенга Халидов"}
{"slug": "4162-102-sonal-magiarulalgun-tsadakh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4162-102-sonal-magiarulalgun-tsadakh", "title": "102 соналъ магӏарулалгун цадахъ", "date": "2019-04-09 07:37:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "1917 соналъул 3 апрелалда къватӏибе бачӏана тӏоцебесеб газета"}
{"slug": "4216-nakh-ekkun-rugeb-kuts", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4216-nakh-ekkun-rugeb-kuts", "title": "Нахъеккун ругеб куц", "date": "2019-04-15 09:08:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏодобе гъун, турун хвезе пихъги тун\nЦо нухалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде щведал, дандчӏварав ишцояс бицана араб гӏасруялда Игьали букӏун бугин пихъил консервал гьарулеб заводилан. Гьелъул хӏакъалъулъ дида рагӏун букӏинчӏо. Амма жакъа ункъоялда анцӏилъе сонал рахарал харабаз бицуна гьаниб гьединаб заводги букӏанилан, аслияб къагӏидаялда куракул компотги гьабулаанилан. Маххул банкабиги къалаанилан квераз Хӏамзаласул Хӏасан абулев чияс. Гьаб мисалалъ бихьизабулеб буго цебе хӏукуматалъул халкъалдехун букӏарабги гьанже бугебги бербалагьи.\nСССР биххизегӏанги игьелдерида гӏагарлъухъ букӏана пихъил консервал гьарулеб кӏиго завод (Кьохъ ва Чӏиркъатӏа). Гьезги кӏудияб кумек гьабулаан гӏадамазул ва колхозалъул пихъ бичун босиялъе. Гьанже гьезулги цӏарал бица-кицаде хутӏана. Жакъа, жалго лъикӏал лъугьун курак босизе рачӏунел ва Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразде гьеб баччулел гӏадамал рукӏинчӏелани, лъаларо хьиндалаз пихъида щиб гьабизе букӏарабали. Чара щиб, къун багьаялде кьунги кьезе кколеб буго гьезие. Цо-цо сон букӏана бананазул коробкаби куракулги цӏун, 15-18 КамАЗ машина цо къоялъ росулъа къватӏибе регӏарабги. Амма эрменазулги, ираназулги, азербайжаназулги, кин гӏезабурабали лъалареб пихъица занкӏун цӏурал базаразда даранги битӏичӏого, тӏадруссинеги кколел руго ракьцоял.\nХинал улкабазда рижулел цитрусазде гӏунтӏунги игьелдерил жаниблъиялда бижулареб пихъго гьечӏо. Анцӏ-анцӏ батӏияб сорт бижула гӏеч-гениялъулги. Амма цо-цо ахакье щвараб мехалда, дагьабниги ракӏ тӏеренав чиясда, битӏахъе магӏу кквезе кӏолареб хӏал букӏуна, хӏетӏе чӏезе бакӏ гьечӏого, гӏодобе гъун, турун холеб пихъ бихьидал. Аллагьас гьадин гьарзаго кьураб нигӏмат гӏадада хвезе течӏого сокниги, къанцӏаниги, компот-пюрениги гьабизе щай босуларебин ахӏана Болъихъ бугеб пихъил консервал гьарулеб заводалъул хӏалтӏухъанасухъе. Гьесул жавабалъги рази гьавичӏо. Гьедин, таманалго тоннаби гьеб пихъил турунги хола.\nЖакъа нилъ пашманлъизе ккараб хӏужа буго умумузул заманалда рукӏарал анцӏ-анцӏ батӏи-батӏиял сортал лъугӏун унел рукӏинги. Кинабго гӏарцуде буссун бугеб гьаб заманалда дагьго гурони пайда кьоларел сортал гӏезариялде кӏварго кьолеб гьечӏо. Умумузул некӏсиял тӏагӏелалги, партал-магӏалги, рукӏа-рахъиналъулъ хӏалтӏизарулел рукӏарал алаталги хадусел гӏелазе нахъе цӏунизе хӏаракат бахъула, амма тӏадехун рехсараб суалалда тӏад хӏалтӏи гьабулеб идара яги махщалилав гьечӏо. Гьелдаго цадахъ гӏечул гъутӏбузда баккун буго бичӏчӏулареб унтиги: исана цо гӏаркьел бакъвала, бачӏунеб соналъ — бащдаб гъветӏ, хадусеб соналъ — тӏубанго къотӏизе ккола. Кигӏан-кин бугониги, гӏемерисел ахихъабазе бокьулеб гьечӏо пихъида аскӏоб «химия» хӏалтӏизабизеги. Бокьаниги, магӏарухъ рукӏунел чӏахӏиял гъутӏбузе дару гьаби хӏалкӏолеб ишги гуро.\nЛъанлъари росулъ баккана тӏоцебе хурмаялъул цӏияб сорт — пурчӏун гьечӏеб хурма («хьон гьечӏеб хурма» абула игьелдерица гьелде). Гьелъул бугеб пайдаги бихьун, ахирал соназ гӏадамаз гъутӏби рацӏцӏун, гьарзаго гӏезабизе байбихьана гьеб. Гьеб бичун босулел чагӏиги ккола азербайжанал. Гъоркьисайин абуни, гьукъана гӏадамазе гӏорхъи бахун доре-нахъе хьвадизе ва гьедин гӏадада хвана гьеб нигӏматалъулги лъикӏаланго къадар.\nПалхӏасил, гьеле гьединаб буго республикаялъул ва улкаялъул тӏадчагӏаз ахихъабазул гьабулеб тӏалаб.\nМагьди Гӏабдурахӏманов,\nИгьали росу"}
{"slug": "4217-ragiize-bokani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4217-ragiize-bokani", "title": "Рагӏизе бокьани…", "date": "2019-04-15 09:48:13", "categories": ["med"], "text": "Дагъистаналда 65-70 процент гӏадамазул буго гӏиндабакӏлъи\nАхираб заманалда СМИяздасан бицунеб букӏана Махӏачхъала шагьаралъул тӏоцебесеб больницаялда, операцияги гьабун, тӏубанго гӏинкъав лъабго чи сах гьавунилан. Масала, отосклерозалъул хӏасилалда 30 соналъ тӏубанго гӏинкълъун йикӏарай цо гӏадан, гӏинзуниб титаналъул протезги лъун, сах гьаюна.\nГьелъул цӏех-рех гьабун щвана рехсараб больницаялде ва гара-чӏвари гьабуна хирург, лор-отделениялъул заведующий Ясудар Ахӏмадовасулгун. Гьес бицана гьанжелъизегӏан гьединал операциял гьаризе гӏинкъал чагӏи Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазде ине кколаанила. Жакъайин абуни рес бугила кинабго кумек республикаялдаго гьабизе. «Гьединал, ай малоинвазивниялин абулел операциял нижеца гьаризе байбихьана гъоркьиса сентябралдаса нахъе. Гьел къагӏидабаздаса дица пайда босулеб буго Екатеринбургалда хӏалтӏулеб мехалдаса нахъего (гьабуна 400 операция). Гьанже щибаб анкьалъ гьабула лъабго-ункъо операция. Гӏинкъасда рагӏизе байбихьула операциялъул заманалдаго ва лъабго моцӏидаса хал гьабизе нижехъеги вачӏун, гьес ругьунабго куцалда гӏумру гьабизе бегьула», — ян бицана хирургас.\n— Ясудар, гӏинкълъиялъул гӏунгутӏи бугев чи чан вугев республикаялда?\n— Тӏолгодунялалъул сахлъи цӏуниялъул организациялъул баяназда рекъон, дунялалъул халкъалъул 12 процент гьеб талихӏалдаса махӏрумлъун буго. Гӏинкълъиялъе аслиял гӏиллаби ккола: рахунел унтабаз унти, цӏикӏкӏараб бидул тӏадецуй, габуралъул гьодил остеохондроз, стрессал, лъукъа-къотӏиял, дарабаз кьураб аллергия… Гьел гӏунгутӏаби хехго тӏатинарунагӏан тохтурзабазе бигьалъула гӏинкълъарал чагӏи сахгьаризеги.\nЖиндир заманалда цӏех-рех гьабичӏолъиялъул хӏасилалда, Дагъистаналъул халкъалъул 65-70 проценталъул буго гӏинкълъи. Къадарго рагӏиялде ругьунлъун, гӏемерисез тохтурасухъе хитӏабго гьабуларо, гьединлъидал хӏинкъи букӏуна тӏуранго гьел гӏинкълъиялдаги.\n— Унтаразе гьел операциял цӏакъ хираго чӏолел ратила…\n— Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазда гьединаб цо операция гьабиялъул багьа 100-200 азарго гъуршиде бахуна. Махӏачхъалаялъул жалго бетӏергьанал чагӏазул клиникабазда гьабураб гьединаб операциялъухъги гӏага-шагарго 100-180 азарго гъуруш босула. Гьаб больницаялде полисгун вачӏарав чиясе операция чӏобого гьабула. Сентябралдаса нахъе гьаниб гьабураб 51 операциялъухъ нижеца унтаразухъа капек гӏарац босичӏо.\n— Сундалъун инсан гӏинкълъизе бегьулев?\n— Аслияб гӏилла ккола, гӏиналде жанибе рецӏцӏ бакӏариялдалъун, гьенир рукӏунел рукьби цоцада хъваларого рукӏин яги гьел рукьбузе зарал ккун бугони, гьез гьаракь рагӏизе биччангутӏи. Тӏуранго гӏинкъал чагӏазе ва щуго сон тӏубазегӏан лъималазе гьединал операциял гьарула Москваялда ва Санкт-Петербургалда. Германиялд абуни, 90 сон баразецин гьарула.\nНижеца гьабулеб цоги операциялда цӏар буго «типанопластика» абураб, ай бихъараб яги багьараб гӏинзул пардав цӏилалдалъун цӏигьаби. Жакъа больницаялда гӏурал шартӏал гьечӏо херлъиялдалъун гӏинкъал чагӏазе операциял гьаризе.\nТитаналъул протез лъолеб операция тӏоцебе гьабуна немцазул хирургаз. Гӏиналда жаниб хвараб, жагъаллъараб ракьа хисун лъураб титаналъул протезалъул (гьелъул багьа 40 азарго гъуруш) кумекалдалъун 85-90 процент унтаразул гӏинкълъи инабула. Масала, Гъуниб районалдаса 67 сон барай Гӏабдулхаликъовалда 38 соналда жаниб щибго рагӏулеб букӏун гьечӏо. Лъана гьелъул кӏиябго гӏиналъул пардавазда картӏал лъугьун рукӏин. Нижеца багьараб гӏинзул пардав цӏилалдалъун гьабуна ва лъурал титаналъул протезазул кумекалдалъун гьелда саламатго лъикӏ рагӏана.\n— Дуца абуна, жиндир заманалда цӏех-рех гьабичӏолъиялъул хӏасилалда, нилъер халкъалъул 60-65 проценталъул гӏиндабакӏлъи бугилан. Гьелъие гӏилла щиб?\n— Аслияб гӏилла ккола гьеб рахъалъ республикаялъул поликлиникаялъул хъулухъ цӏакъго нахъеккараб букӏин. Къокъго абуни, нижер больницаялъул, РКБялъул ва жалго бетӏергьанал чагӏазул поликлиникабазда гурони республикаялъул цониги муниципалияб поликлиникаялда гьечӏо я специалист-сурдолог, я рагӏи рагӏиялъул даража борцунеб алат (аудиометр). Гьебин абуни, щибаб муниципалияб поликлиникаялда чара гьечӏого букӏине ккола. Гьеб ккола цӏакъ багьаяб немцазул аппарат ва гьелда хӏалтӏизе къваригӏуна лъикӏав специалист.\nНижер отделениялъул базаялда гӏуцӏана сурдологияб хъулухъ. Гьениб буго рагӏиялъул даража борцунел алатал — аудиометрги типометрги. Гӏинкълъи бугев чи отделениялдаго сах гьавиялъе гӏурал шартӏал руго.\n— Гьел операциял гьаризе бегьуларел чагӏи рукӏунищ?\n— 70 соналдаса тӏаде арал чагӏазе гьел операциязул мукъсанаб гурони пайда букӏунаро.\n— Нилъер республикаялда ругищ лъикӏаб даражаялда гьединал операциял гьаризе бажарулел хирургал?\n— Руго, жалго бетӏергьанал чагӏазул клиникабазде къватӏиса рачӏуна операциял гьаризе лъайги махщелги бугел хирургал. Республикаялъул муниципалиял больницабазда абуни дун гурони гьеб махщалил хирург гьечӏо.\n— Цо милъиршоялъ их гьабуларин абула, дурго гӏадаб махщалил хирургал хӏадуриялъе щиб гьабулеб бугеб?\n— Жакъа нижер больницаялъул базаялда хӏадурулев вуго ичӏго ординатор. Гьел хӏалтӏизе руго цогидал больницабаздаги.\n— Операция гьабизе духъе ккезе бегьулел чагӏазда щиб малъилеб, кинаб гӏакълу кьелеб?\n— Гӏундузда жаниса рецӏцӏ бачӏиналдалъун яги гӏундузда жаниса унареб сасалдалъун, рагӏиялъе кинабгӏаги къварилъи бугони, нахъбахъун течӏого, цӏех-рех гьабизе нижехъе рачӏине ккола. Къварилъи гьечӏинги абун, лъагӏалида жаниб цо-кӏиго нухалъгӏаги халгьабизе сурдологасухъе инчӏогоги чӏезе бегьуларо.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4218-galmag-asul-khiak-al-ul-kalam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4218-galmag-asul-khiak-al-ul-kalam", "title": "Гьалмагъасул хӏакъалъулъ калам", "date": "2019-04-15 09:51:23", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "И. Ибрагьимов: «Унтарасухъа жо босулев чи ….\nИманалъул ракӏги цӏурав, инсанасул мурадги тӏубазе хӏадурав инсан\nРукӏуна гӏадамал, бидул гӏагарлъи гьечӏониги, рекӏее гӏагарлъарал, бищунго божарал чагӏилъун лъугьарал. Гьезулгун гӏакълу дандбазеги, ургъел бикьизеги бигьаго букӏин гуребги, гьезухъа щола нилъее гӏумруялъе хӏажатал дарсалги, хӏажалъи ккаралъуб кверчӏвайги. Гьединав чилъун дие лъугьун вукӏана медицинаялъул хӏалтӏуда жинца киналниги болъодул хӏокӏал нахъа тарав, анцӏила лъабгониги соналъ Дагъистаналъул сахлъицӏуниялъул министрлъунги хӏалтӏарав, хадусеб къоло кӏиго соналъ республикаялъул медицинаялъул централъе нухмалъиги гьабурав Ибрагьимов Ибрагьим-хӏажи. Гьесулгун лъай-хъвай ккана 2000 соналда. «Ас-салам» газеталъул редакторлъун вукӏарав Мухӏамад Гӏабдурахӏмановгун цадахъ ниж ун рукӏана госпиталалда вегарав божарав чиясухъе щвезе. Гьениб гӏадлу-низам гьабулев чияс унтарасухъе ине изну кьезегӏан ниж жанахӏалъур гӏодор чӏун рукӏана. Циндаго бер речӏчӏана хъахӏаб халгӏат ретӏарав, ригь арав тохтурасда. Гьев аскӏове гӏагарлъулаго, Мухӏамад тӏадеги вахъун, гьесда данде ана ва, квералги росун, гьикъа-бакъарана. Дида бичӏчӏана Мухӏамадги тохтурги цого росулъа, Шамил районалъул Тӏидиса рукӏин. Хадуб Мухӏамадица нижер лъай-хъвайги гьабуна. Гьевги ватана рагӏун гурони вихьун вукӏинчӏев Ибрагьимов Ибрагьим.\nГьеб лъай-хъвай дагь-дагьккун ракӏал журараб гьудуллъи-гьуинлъиялде сверана. Гьелдаса нахъе араб къогогӏан соналда жаниб щибаб дандчӏваялда дие рагьана гьесул инсанлъиялъулги, тохтурлъиялъулги, нухмалъулесулги цӏи-цӏиял рахъал.\nРехселин ракӏалде рачӏарал цо-цо мисалал. Мунагьал чураяв Расул Хӏамзатов гьеб централда вегараб мех букӏана доб. Ибрагьим-хӏажихъе вачӏана республикаялъул кӏудияб хъулухъалда вугев кӏиго хӏаким ва гьез абуна кӏалтӏа вугев чияс ниж Расулихъе риччалел гьечӏин, риччазарейин. «Гьес битӏун гьабулеб бугоха. Ункъо тӏубаралдаса анлъго тӏубазегӏан гурони нижер анир унтаразухъе гӏадамал риччаларо. Генераласеги солдатасеги закон цого букӏуна. Кинха дица дир хӏалтӏухъанасда гьеб закон хвезабеян абилеб», — ан абуна гьезда Ибрагьим-хӏажица. Цо къоялъ Ибрагьим-хӏажихъе вачӏана ункъойилъе сонал рахарав чи, гьенив вегизе бокьун бугинги абун. Кьеха направлениейин абидал, гьеб кодоб батичӏо. Паспортги полисги кьехаян абидал, гьелги кӏочон ратана дов чиясда. Чӏумалгӏаги гьечӏищ духъилан абуна нахъеги централъул нухмалъулес. Чӏумал ругинги абун, чвантиниса рахъун рачӏана херас. Гьеб мехалъ гьесул унтуе дандекколеб отделениялъул заведующаяги ахӏун, Ибрагьимица абуна гьелда, чӏумал тун батӏияб документ кодоб гьечӏев гьав пациент вегизавеян. Гьедигӏанги бокьулароан Ибрагьимие вегизе вачӏарав чи нахъчӏвазе.\nГьеб централда регун рукӏаразда лъалеб букӏун батила гьениб конфетазул коробкацин унтаразухъа тохтурас босулареблъи. Гьеб цӏакъго-цӏакъ гьукъунги букӏана Ибрагьимица. Гьес гӏемер такрар гьабулаан, унтарасухъа жо босулев чи такъсирчи вугилан. Амма, магӏарулаз абухъе, гьацӏулъ хӏеги, хӏанилъ расги камилищ, Ибрагьим-хӏажида лъан буго цо тохтурас унтарасухъа 1000 гъуруш босараблъи. Ахӏун тохтургун гьикъидал, гьев мукӏурлъун вуго унтарас хӏалгьабун жиндир халгӏаталъул чвантиниб къазабунин гьеб гӏарацилан, кигӏан жинца яхӏ бахъаниги, нахъе босизабизе кӏвечӏилан. Гьел маргьабаз мун вацӏцӏалъуларин, дуда ришваталъул махӏчӏван бугиланги абун, Ибрагьимица гьев тохтур хӏалтӏудаса нахъе витӏун вуго.\n2013 соналда гьесул вас Танка ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрлъун тӏамураб мехалда, дицаги инсуда васасе щвараб тӏадегӏанаб хъулухъ баркана. Ибрагьимица абуна баркизегӏан цӏакъ дун разияб жо гьеб гурилан. Ва тӏадеги жубана:\n— Москваялдаса дихъе кӏалъан вачӏана Танка ва абуна Гӏабдулатӏиповас абулеб бугин сахлъицӏуниялъул министрлъун хӏалтӏизе жинда цадахъ Махӏачхъалаялде вилълъаян, щибдай гьабилаян. Дица гьесда абуна дур бугин лъикӏаб хӏалтӏиги, 51 сонги, мунго ургъеян. Эмен хӏисабалда босаниги, тохтур хӏисабалда босаниги, дида гьикъулеб бугони, дица вачӏунгеян абилин. Дагъистаналда медицинаялъулги лъабго процентги хутӏараб жо гьечӏин. Дуда гьеб рукӏалиде бачине кӏвейги щакаб бугин. Мун гьенив алжаналда гӏадин вугин, гьаниб дуда жужахӏ батизе бугин. Гьев дир гӏакълуялъухъ гӏенеккичӏо. Гьанже жиндиего бокьараб гьабеха, — ян лъугӏизабуна Ибрагьим-хӏажица.\nРабигӏул авал моцӏ бачӏанщинахъе Ибрагьим-хӏажияс больницаялда мавлид гьабулаан. Гьелъие гьарулел харжалги жинцаго тӏаде росулаан. Ичӏабилеб маялъул хӏурматалда, госпиталалда ветераназе концерт гӏуцӏани киндай букӏинаян абуна дица цо нухалъ гьесда. Дир пикруялдаги разилъун, гьес абуна лъикӏаб букӏинилан. Ва тӏадеги жубана: «Унтаразул 50 проценталъе дару-сабаб хӏажалъулеб батани, 50 проценталъе дарулъула рохелги, ихтилат-кепги, кечӏ-бакъанги», — ян.\nГьединал мисалал жеги гӏемер рачине бегьула. Кин батаниги, гьев вукӏана Аллагьги ккурав, иманалъул ракӏги цӏурав, гӏадамасул мурадги тӏубазеги хӏадурав инсан. Гӏумруялъул ахирал соназдаги гьес хӏаракат бахъана больницаялда тӏадеги анлъго тӏалаялъул цӏияб корпус базеги. Гьединал лъикӏал ишаз халкъалда гьоркьоб цӏарги инабун букӏана гьесул. Аллагьасда цеве вахъараб къоялъги жинца гьабунщинаб лъикӏлъиялъул баракат щолевлъун, алжан насибавлъун ватаги гьев.\nМахӏмуд-Апанди Мухӏамадов,\nшагӏир, хъвадарухъан"}
{"slug": "4219-iskusstvoyal-ul-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4219-iskusstvoyal-ul-giadamal", "title": "Искусствоялъул гӏадамал", "date": "2019-04-15 09:53:25", "categories": ["obshestvo"], "text": "Махщелги гьунарги хвалчаца къотӏулареб\nХалкъиял художествиял промыслал церетӏезариялде тӏамурал галаби\nАрсен Хӏусенов цӏалана ДГПУялъул художествиябгун графикияб факультеталда. Магистратураялда цӏалулаго байбихьана гьебго факультеталда дарсал кьезе, магистратура лъугӏигун профессионалияб лъаялда рекъон цогидаб факультеталъул аспирантураялде лъугьана цӏализе. Гьебго заманалда худграфалда бугеб декоративиябгун прикладнияб искусствоялъул музеялда заведующийлъиги гьабуна. Университеталда цӏалулеб заманалдасанго халкъиял художествиял махщеллъиялъул пишабазде кӏвар кьолаан, гьел церетӏезариялда тӏад ургъулаан гьев. Республикаялъулаб кӏваралъул проектал гӏуцӏиялъеги Арсеница студентлъун вукӏараб заманалдаго лъикӏаб кьучӏ лъун букӏана.\nДагъистаналъул маданияталъул бечелъи бихьизабулел батӏи-батӏияб даражаялъул тадбиразда халкъиял художествиял промыслазул майданазда лъурал ансадерил, гьоцӏдерил, кубачиязул, хъайдакъазул кверзул махщалил тӏагӏелал рихьичӏев чи къанагӏатги ватиларо нилъеда гьоркьов. Гьел майданал тӏоритӏулев ва нухда рачунев гӏолохъанав махщелчи вуго Арсен Хӏусенов. Студентлъун вугеб заманалдаго халкъиял художествиял промыслал цӏуниялъе гӏоло гьес хъварал проектазул ва гьабулеб букӏараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ цебеги рагӏун букӏана нижеда. Суратал рахъун, халкъиял художествиял промыслазул батӏи-батӏиял тӏагӏелал гьарун гьес гӏадада заман биччаларо.\nЖакъа къоялде щвезегӏан умумуз гӏасрабаз цӏунун нилъехъе кьураб халкъияб художествияб махщел, гӏолеб гӏелалъеги цӏунун хутӏизе гӏемераб хӏаракат бахъула Арсен Хӏусеновас. Халкъиял художествиял промыслазул, гӏолохъанал махщелчагӏазда дандчӏвалел захӏмалъабазул ва искусствоялъулгун маданияталъул бечелъи цӏуниялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул Гӏолилазул ишазул рахъалъ министерствоялъул творческиял ва рекӏелгъеялъулал программабазул ва проектазул отделалъул начальник Арсен Хӏусеновасулгун.\n— Арсен, искусствоялде рокьи кин бижараб, халкъиял художествиял промыслал церетӏезариялъул иш тӏасабищиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Искусствоялде рокьи букӏана гьитӏинаб къоялдасаго нахъе. Мунагьал чураяв инсуца батӏи-батӏиял тӏагӏелал гьаризе ругьун гьарулаан дунги вацалги. Нижер эмен, Салахӏудин цӏалана Жамалил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул художествияб училищеялда. Прикладнияб искусствоялъул батӏи-батӏиял тӏагӏелал гьарулаан ва цӏадохъабиги куцалаан инсуца. Гӏемерал соназ школалда халкъияб художествияб махщалил дарсалги кьуна гьес. Инсул махщел тӏасабищана кӏудияв вац, Бабаюрт районалъул Советское росдал №1 гьоркьохъеб школалъул директор Айгумицаги. Инсуцаго гӏадин, халкъиял художествиял промыслазде цӏалдохъаби куцазе хӏаракат бахъула гьес. Гьоркьохъев вацги цӏалана Жамалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялда, хадув — ДГПУялъул художествиябгун графикияб факультеталда.\nАмма доб заманалда дие бокьун букӏана исламиял гӏелмаби лъазариялде машгъуллъизе. Цӏалулаан Къуръан, лъазарулаан исламалъул кьучӏал. Росулъа гӏадамаз эбел-инсуда гьарулебги букӏана дун СКИУялде цӏализе витӏеян. Доб мехалда исламияб лъай бугел гӏолилал гӏемер рукӏинчӏо росулъ. Школа лъугӏидал, ракӏалде ккана Аллагьас дие кьураб махщалидаса пайда босизе, ай инсуца лъикӏаблъун бихьизабураб цӏали тӏасабищизе. Инсуцаго гӏадин, умумузул махщел цӏунизе хӏаракат бахъана, гьелъ дие щибго квалквалги гьабичӏо диналда рекъон хьвадизе.\nГьединаб, творческияб хъизамалда гӏурав вукӏиналъ батила дирги гьитӏинаб къоялдаса нахъего халкъиял художествиял махщелазде рокьи букӏараб. Дида лъалелдаса нахъе гьел махщелазде машгъуллъун вукӏунаан дун. Дагъистаналъул батӏи-батӏиял махщалил устарзабазул хӏалтӏабаз пана гьавулаан. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе берда цебе букӏаралъулги батила, дида кидаго ричӏчӏулаан махщелчагӏазда дандчӏвалел захӏмалъабиги. Гьединлъидал ДГПУялъул художествиябгун графикияб факультеталда цӏалулелдаса нахъего байбихьана халкъиял художествиял махщелал цӏуниялъе хӏаракат бахъизе ва гьезул къиматги кӏварги гӏолилазда гьоркьоб тӏибитӏизабизе.\n— Халкъияб художествияб махщел цебетӏезабиялъулъ тӏамурал тӏоцересел галабазул хӏакъалъулъ бицани бокьилаан…\n— Художествиябгун графикияб факультеталда цӏалулел соназда дун гӏахьаллъана батӏи-батӏиял форумазда, гранталъулаб политикаялъулги гьеб мехалда кӏвар гьабизе байбихьана. Архызалда тӏобитӏараб «Доброград» абураб форумалда гӏахьаллъи гьабун букӏана дица. Гьенир тӏоритӏулел рукӏана батӏи-батӏиял тренингал. Дие цӏакъ рекӏее гӏуна проектал гӏуцӏулеб къагӏидаялъул тренинг. Ва гьелдаса нахъе рахӏат толеб букӏинчӏо дирго рекӏелъ анищлъун бугеб пикру гӏумруялде бахъинабичӏого. Дица тӏоцебесеб проект хъвана 2012 соналда, «Машукалда» гӏахьаллъизелъун, ва гьеб бергьана. Тӏоцебесеб проект букӏана «Художествиябгун графикияб факультеталъул студентазул кумекалдалъун халкъиял художествиял промыслал цӏигьари ва цӏуни» абураб. Гьеб цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏана чанго соналъ ва, цӏия-цӏиял къагӏидабиги тӏаде журан, анлъгониги грантги бергьана. Студентлъун вугеб заманалдаги гӏуцӏун букӏана гӏолохъабазул проекталъулаб къокъа ва президентасул гранталъе гӏоло гьебги хъвана. Цӏализе лъугьунелъул дир мурад букӏана халкъиял художествиял махщелал бачӏунеб гӏелалъе цӏунун хутӏи ва гьездехун киназулго кӏвар буссинаби. Гьеб масъалаги цӏунун хъвана проекталги ва жакъа къоялде щвезегӏанги кинабго гьабулебщинабги гьабулеб буго халкъиял промыслал церетӏезариялъул мурадалда.\n— Дуца нухмалъи гьабулеб творческиял ва рекӏелгъеялъулал программабазул отделалъул аслияб хӏалтӏи щиб?\n— Декоративиябгун прикладнияб искусствоялъул рахъалъ дицаго гьабулеб букӏараб хӏалтӏи министерствоялъул отделалдаги билълъанхъизабулеб буго. Студентлъун вугеб заманалда дун вукӏана профкомлъунги, студентазул гӏелмияб жамагӏаталъул (СНО) председательлъунги. ДГПУялъул СНОялъул вакиллъун вукӏана батӏи-батӏиял шагьаразда. Гӏолилазулгун хӏалтӏи гьабиялъулъ хӏалбихьи лъикӏаб букӏана дир. Гьединлъидал, гӏолилазда гьоркьоб халкъиял художествиял промыслал тӏиритӏизариялъе ва церетӏезариялъе кумек гуреб, квалквал ккечӏо цӏияб хӏалтӏудаги. Дица нухмалъи гьабулеб отделалъул аслияб масъала ккола гӏолилазда гьоркьоб маданият ва халкъияб махщелчилъи тӏибитӏизаби, гӏолохъанал махщелчагӏазе квербакъи гьаби.\n— Кинал захӏмалъаби дандчӏвалел гӏолохъанал махщелчагӏазда?\n— Жакъа халкъиял художествиял комбинатазе ва гӏолохъанал махщелчагӏазе пачалихъалъ гьабулеб кумек цӏакъго загӏипаб буго. Гӏолохъаназе квербакъи гьабизе ккола. Цере художествиял комбинатал хӏалтӏулаан гьабураб къайи бичун инадай яги инародай абураб ургъел гьабичӏого. Щайгурелъул доб мехалда къайи бичиялъул ургъел гьабулаан хӏукуматалъ. Гьанже кинабго буго гӏаксалда. Гӏемерисел гӏолилаз рехун толеб буго гьеб иш ва руссунел руго батӏияб хӏалтӏуде.\nГьанжеги батӏи-батӏиял регионаздеги, улка тун къватӏиреги ахӏула нилъер устарзаби. Амма, жидецаго гьабураб къайиги босун гьенире ине гӏарац гьечӏо, гьезие кумек гьабулелги кколаро.\n— Умумузул художествиял махщалаби цӏуниялъе кинал ресал ратизе бегьулеб, дур хӏисабалда?\n— Дида ракӏалде ккана гӏолохъанал махщелчагӏазул форум тӏобитӏизе. Тӏоцебесеб форум тӏобитӏана, гьелъул хӏасилги ккана. Исана июнь моцӏалдаги ракӏалда буго гьединабго форум тӏобитӏизе. Гьебги тӏобитӏизе буго Махӏачхъалаялда, «Устарзабазул аллеялда». Форумалда гӏахьаллъи гьабизе буго Культураялъул министерствоялъги, ракӏалде ккола Туризмалъул министерствоялъги квербакъи гьабилин.\nГӏолохъанал махщелчагӏазул тӏоцебесеб форумалда рорхун рукӏана художествиял промыслал церетӏезариялъул ва дандчӏвалел масъалабазул хӏакъалъулъ суалалги. Гьениб ккараб хӏукмуялда рекъон, ракӏалда буго ДРялъул махщелчагӏазул автономияб коммерциялъулаб гуреб ассоциация гӏуцӏизеги. Гьединаб ассоциация гьечӏо Дагъистаналда. Гӏемерал шагьаразде щвана дун ва бихьана цогидал регионазда халкъиял художествиял промыслазул рахъалъ гьабулеб бугеб хӏалтӏи. Цогидал регионазда руго хӏукуматалъ квербакъи гьабулел махщалилазул палатабиги, халкъиял художествиял промыслазул централги, ассоциациялги. Гьединаб ассоциациялъул кумекалдалъун рес букӏине буго церетӏезеги, грантазул конкурсазда гӏахьаллъизеги, махщелчагӏигун цадахъ чӏахӏиял проектал гӏумруялде рахъинаризеги.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4220-k-imat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4220-k-imat", "title": "Къимат", "date": "2019-04-15 09:55:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏиял технологияздаса пайдаги босун…\nМуфтияталъул хӏаракаталъе лъикӏаб къимат кьуна\nРоссиялъул МИДалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана терроризмалде данде къеркьеялъул хӏакъалъулъ. Гьеб гӏуцӏана РФялъул терроралде данде къеркьеялъул комитеталъул (НАК) аппараталъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Игорь Кулагиницаги НАКалъул информациялъулаб централъул нухмалъулев Андрей Пржездомскиясги.\nИгорь Кулагиница абуна, терроризмалъулгун экстремизмалъул пропаганда къуваталда бугеб заманалда кӏудияб кӏвар бугин нилъер улкаялъул гӏадамал, тӏоцебесеб иргаялда, гӏолилал гьеб заралияб идеологиялдаса рикӏкӏалъизариялъул мурадалда гӏуцӏулел тадбиразул.\nГьеб рахъалъ пайдаяб хӏалтӏи гьабулеб буго Дагъистаналъул муфтияталъин тӏадеги жубана Андрей Пржездомскияс. «Гӏолилазда кӏалъазе ккола гьезул мацӏалда ва гьезие ругьунал бакӏазда. Хасавюрталда тӏобитӏараб данделъиялда гӏолилазулгун накъиталъе хӏалтӏизаруна гьанжезаманалъул къагӏидаби. Гьеб ишалъул рахъккуна ДРялъул Информатизациялъулгун бухьеназул ва гӏаммал коммуникациязул министерствоялъги. Хасавюрталда, мажгиталъул имамасул заместитель Камилгерей Салгереевас жиндирго рокъоб гӏуцӏун буго «Исламалъул пикру» абураб онлайн-студия. Щибаб къоялъ гьес 20 минуталъ жавабал кьола гӏолилазул суалазе ва гьарула сахлъиялъулги, гьудуллъи-вацлъиялъулги, талихӏалъулги, рекъелалъулги, гӏелмуялъулги, бизнесалъулги, дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги хӏакъалъулъ накъитал. Гьеб кинабгоги бицуна диналде мугъги чӏван, амма киназдаго бичӏчӏулеб мацӏалда. Дагьалъ цебе дица бухьен гьабун букӏана Дагъистаналъулгун – гьеб пайдаяб мисал тӏибитӏизабизе ракӏалда буго киса-кибего», — ян бицана НАКалъул вакилас.\nМуфтияталъ гьеб рахъалъ гьабулеб хӏаракаталъе нугӏлъи гьабула социалиял гьиназда ругел имамзабазул аккаунтазги росабазул жамагӏатазулгун ва лъайкьеялъул идарабазул цӏалдохъабазулгун гьез тӏоритӏулел дандчӏваязги. Кидаго гӏадин, гьениб букӏуна ракӏрагьараб хабарги. Аккаунтаздасан диниял хӏаракатчагӏаз жавабал кьола гӏадамазул батӏи-батӏиял суалазеги. Гьеб ккола захӏматаб хӏалалде ккарал чагӏазе психологияб кумекги малъа-хъвайги."}
{"slug": "4291-vitaminazul-nakh-ratel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4291-vitaminazul-nakh-ratel", "title": "Витаминазул нахърател", "date": "2019-04-22 07:27:36", "categories": ["med"], "text": "Огь баркаман, бакъвараб пихъ\nГӏемер кванани, бидулъ чакар цӏикӏкӏи\nЛъаратӏа росулъа Ахӏмадов Гӏумарица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Кигӏан къасд тӏамуниги, къанагӏат гурони щоларо нилъерго ахикьа бетӏараб пихъ, бичун босизеги гьеб хираго чӏола. Дун гӏадав рекӏелгун бидурихьазул ва ургьисалабазул унтабаз кӏвекӏулев чиясе тӏабигӏиял витаминал хӏажалъула. Цо-цояз абула витаминалги, сахлъиялъе гьечӏого гӏоларел цогидал жалги бакъвараб пихъилъ цӏунун рукӏунин. Бокьилаан гьелъул хӏакъалъулъ газеталда хъвани».\nГӏумарил мурад тӏубазелъун щвана 31 соналъ фельдшерлъун ва ахираб ичӏго соналъ даруял чӏахӏазул ва бакъвараб пихъил кумекалдалъун унтарал сахгьарулев вугев Мустӏапа Ибрагьимовасухъе.\n— Бакъвараб пихъалъ лъикӏлъизабула чорхол жанго. Масала, бакъвазабураб гӏечулъ цӏунун букӏуна кальций, бор, железо. Гьеб лъикӏаб буго рекӏелгун бидурихьал унтаразе ва рахунел унтабаздаса цӏуниялъе. Гьелъ квербакъула ургьиб квен бигьинабиялъе, лъикӏ хӏалтӏизарула ургьисалаби, бидулъ дагь гьабула заралияб холестерин.\nБакъвараб генулъ рукӏуна гӏадалнах хӏалтӏизабиялъе пайдаяб бор абураб микроэлемент, гьединго клетчатка, А, С, В1 витаминал, пектинал ва заралиял микробал чӏвалел фитонцидал.\nЧӏегӏераб коконалъулъ букӏуна фруктоза, глюкоза, сахароза, гӏемерал органикиял къанцӏаби, пектин, А, С, В1, В2, Р витаминал ва минералал. Гьединлъидал чӏегӏераб кокон цӏакъго пайдаяб буго чорхолъ би ва витаминал гӏоларого ругезе. Гьелъ щула гьабула черх, цӏунула чехь-бакьазул унтабаздаса.\nИнжиралъулъ рукӏуна квен бигьинабулел белкаби-ферментал, калий, натрий, кальций, фосфор, В-каротин, В1, РР, В3, С гӏадал витаминал. Бакъвараб инжир пайдаяб букӏуна рекӏел унтаби ругезе, гьуъразул мащабазул астмаялъ кӏвекӏулезе, чорхолъ би дагьлъиялда хӏинкъи бугел чагӏазе. Инжиралъ рукӏалиде ккезабула щитовиднияб железаялъул хӏалтӏи, цӏунула рак унтудаса. Кванилъ хӏалтӏизабуни, инжиралъ лъикӏлъизабула гьурмал кьер, щула гьабула ракӏ ва бидурихьал, рукӏалиде ккезабула рекӏел хӏалтӏи. Инжиралъ кумек гьабула кутакаб гъиз свари инабиялъе, кӏващ бачӏинабиялъе ва бидул тӏадецуй гӏодобе ккезабиялъе.\nБакъвараб ахбазаналъ инсанасул черх кальциялдалъун ва железоялдалъун хьезабула, бидулъ гемоглобиналъул даража цӏунула. Зама-заманалдасан кванилъ бакъвараб ахбазан хӏалтӏизабулеб бугони, рак унти ккеялда бугеб хӏинкъи дагьлъула. Куракалъ рес кьола бидулъ холестериналъул къадар ва бидул тӏадецуй рекъезабизе. Куракалъ лъикӏлъизабула канлъи, берцин гьабула гьурмал кьер, щула гьабула рас.\nЧамасдакӏилъ цӏакъго гӏемер руго углеводал, беэнлъаби, витаминал, минералал ва, масала, гӏечулъ, апельсиназулъ, бананазулъ гьечӏел батӏи-батӏиял аминокислотаби. Чамасдакӏилъ буго бидулъ глюкозаялъул кьариял къанцӏабазул даража рекъезабулеб пантотеновияб къанцӏа. Гьелъ квербакъула черх рак унтудаса цӏуниялъе. Гьелъулъ гӏемер фтор букӏиналъ, цаби-гӏусал цӏунула кариесалдаса, селен букӏиналъ щула гьабула иммунитет ва цӏунула рекӏел унтабаздаса. Некӏо чамасдакӏ хӏалтӏизабулаан ботӏрол ва къватӏул унтаби сахгьариялъе. Гьелъ чорхолъе къуват бачӏинабула, ургьимес бацӏцӏад гьабула заралиял жалаздаса. Макьу щоларого ругони ва бетӏер хӏалтӏизе кколеб захӏматаб хӏалтӏи гьабулеб бугони, щибаб къоялъ кваназе ккола 8-12 чамасдакӏ.\nЖага бечедаб буго батӏи-батӏиял витаминазул, органикиял къанцӏабазул, макро- ва микроэлементазул, гьединго би лъугьиналда гӏахьаллъулел – железоялъул, медалъул ва, кобальталъул къадаралъул рахъалъ. Гьеб хӏалӏизабулеб бугони, хехго сахлъула ругъун, гӏолохъанлъула черх, — ан бицана Мустӏапаца.\n— Бакъвараб пихъ кванилъ хӏалтӏизабизе бегьуларел чагӏи рукӏунищ?\n— Промышленнияб къагӏидаялда бакъвазабураб пихъалъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабула. Хехго бакъвазабиялъул ва гӏемер заманалъ цӏуниялъул мурадалда гьенир хӏалтӏизарула заралиял жал. Гьениб пихъ бакъвазабула газалъул ва бензиналъул печазда жаниб. Гьедин бакъвазабураб пихъил хъалалъ рукӏуна кьватӏелал ва гьелдаса букӏуна лъикӏаб гуреб махӏ. Берцинаб кьер гьабиялъе гӏоло пихъида бахуна глицерин, кьер гьабулел жал ва чакаралъул сироп. Гьел руго черхалъе заралиял жал. Бакъвараб пихъ гӏемер кваназеги лъикӏаб гьечӏебха. Гьез кьаралъизарула, бидулъ чакар цӏикӏкӏинабула. Бакъвараб пихъалдаса инкар гьабизе ккола хехго кьаралъулез, аллергия кьолез, чакрил унти ва кванирукъалъуб ругъун бугел чагӏаз.\n— Бакъвараб пихъ бичун босулаго, сунде кӏвар кьезе кколеб?\n— Базаралдаса бакъвараб пихъ босулаго балагьизе ккола гьезда гьоркьоб хӏапара бараб ва цӏакъго бакъвараб бугищали. Босизе бегьуларо цӏакъго кьер берцинабги пихъ. Щайгурелъул, бакъвазабулаго пихъ чара гьечӏого бецӏлъула ва гьелъул хъал букӏкӏуна. Цоги кӏвар кьезе кколеб хӏужа: кваналалде цебе гьеб цӏорораб лъеца лъикӏго чуризе ккола. Цинги, бигьинабизе бигьалъиялъе, цо-кӏиго сагӏаталъ цӏорораб лъелъ лъун тела тамахлъизе. Бакъвараб пихъ лъикӏаб букӏуна цогидал нигӏматалгун журазаричӏого кваназеги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4292-nartazul-dunyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4292-nartazul-dunyal", "title": "Нартазул дунял", "date": "2019-04-22 07:29:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Сагӏудиязул Гӏарабиялда батун буго 10 метр бугебги инсанасул ракьа-макъар\nБатӏи-батӏиял халкъазул маргьабаздагун биценазда дандчӏвала кӏудияб къаркъалаялъул гӏадамазул, ай нилъеца нарталин абулезул бицунел бакӏал. Гьединал чагӏи маргьабазда гурони рукӏунарин ракӏалдеги кколаан. Амма гӏалимзабаз абулеб буго, кигӏанго божизе захӏматаб жо бугониги, гьединал гӏадамал рукӏараблъи хӏакъаб бугин.\nЛиваналда буго «Баальбекская терраса» абун цӏар кьураб жа-ниблъи. Гьенир сокӏкӏун руго цӏакъго кӏудиял ганчӏал. Гьениб буго дунялалда бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб, ай инсанас тӏад квер лъун цо кинабалиго форма гьабураб гамачӏги. «Югалъулаб гамачӏ» абун цӏар кьураб гьелъул бакӏлъи буго 2000 тонна. Инженер Коломийчукил хӏисабазда рекъон, гьеб гамачӏ багъаризабизе, хӏажалъула 60 азарго чиясул къуват. Гьединго, гьениб буго щибалда 800 тонна бугеб лъабго къоноги. Гьединлъидал бачӏунеб буго суал, лъицаха гьел ганчӏал гьенире раччарал ва щал гьезда квалквадулел рукӏаралин абураб.\nЕгипеталда 500 тонна бакӏлъиялда бугеб гамачӏ буго Хефрен пиргӏавнил хабада лъун. Грециялдайин абуни цӏунун хутӏун руго 20 метр биццалъиялда ва 125 тонна бакӏлъиялда ругел къадалъ лъурал къанал. Югалъулаб Африкаялда, Окованго гӏурул рагӏаллъуда, гӏумру гьабун ругез бицуна цебе заманалда гьеб ракьалда рукӏарал нартазул хӏакъалъулъ. Цо биценалда буго гьел гӏадамазул букӏанила цӏакъго кутакаб къуват ва, цояб кверги цебе лъун, гьезда кӏолаанила гӏор нахъбуссинабизе. Гьез гьаракь гьабураб мехалда гьеб рагӏулеб букӏун бугила чамалиго кило-\nметралъ рикӏкӏада ругезда. Нартав чинхъидал, гъотӏода рещтӏун букӏараб хӏинчӏ ракӏ кьвагьун холаанила.\nИнказул биценалдайин абуни рехсолел руго океан къотӏун рачӏарал нартазул. Бищун борхатаб къаркъалаялъул индеецгицин гьезул наказде гурони вахунароанила. Къойида жаниб гьезул щивас кваналаанила 500 чиясцин кванан бахъунареб нигӏмат.\nАзарго соналъ цебе гӏумру гьабун вукӏарав гӏарабазул ибн Фадлан абурав цӏех-рехчияс хъвалеб буго жинда батанила анлъго метр бугеб инсанасул ракьа-макъар (скелет). Гьединабго скелет бихьун буго Швейцариялъул Люцерна шагьаралъул музеялда гӏурусазул хъвадарухъаби Тургеневасдагун Короленкодаги. Гьезда бицун буго гьеб батанин 1577 соналда цо кинабалиго нохъода.\nУнкъо-щуго метр логода бугел скелетал гӏажаиблъи гьабизе ккарал жал гуро. Гьел испаниялъулаз нахъе тарал хъвай-хъвагӏаязда рехсолел руго, Америкаялда кверщел гьабулаго жидеда ратулаанин 20 метр бугелги инсанасул скелетал.\nХӀX гӏасруялда вукӏарав Уитни абулев археологасда батун буго горсверуда кӏиго метр бугеб гвангвара. Гьебги батун рагӏула Огайо штаталъул шахтаялъуб. Югалъулаб Африкаялдайин абуни гӏемерал ратун руго цӏакъго кӏудиял лъалкӏал. Масала, метр-гун бащдаб бугел. Гьединал хӏужабиги цере рукӏаго щайха гӏадамазда рихьизелъун гьел скелетал ва цогидалги баянал музеязда лъоларел? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго гӏалимзабаз абулеб буго гьеб бугила Дарвинил теориялъул «рухӏ лъугӏичӏого» букӏинелъун гьабулеб иш.\nИсламалъул тарихиял тӏахьазда хъван буго Аллагьасул гӏемерисел аварагзаби кӏудияб къаркъалаялъул чагӏилъун рукӏанилан. Хӏакъаб жо буго, Нухӏ аварагасе гама гьабизе Уджа абурав кӏудияб къаркъалаялъул чияс кумек гьабураблъи. Нухӏ аварагасул наслу – гӏадитал рукӏун руго ракьалда тӏад бищунго къуватал ва рорхатал. Амма жал рижарав Аллагь вукӏинги кӏочон тун, гьез какал разе байбихьун буго ганчӏазе ва гӏемерисел лъугьун руго мунапикъзабилъун. Цӏакъго гӏорхъолъа рорчӏидал, гьел хӏакъаб нухде ахӏизе Аллагьас витӏун вуго Гьуд авараг. Амма гьел гьесухъ гӏенеккун гьечӏо, ва 70 соналда жаниб Гьуд аварагас гьабураб насихӏат гьез къабул гьабун гьечӏо. Гьеб мехалда Гьуд аварагас Бетӏергьанасда гьарун буго гьезул руччаби лъимал гьаризе кӏолареллъун лъугьинарегийин, гьезул къадарги дагь гьабегийин. Гьеб соналъ цониги лъимер гьабун гьечӏо гьезие. Гьуд аварагасул гьари къабул гьабураблъи бихьаниги, гьел кантӏун гьечӏо ва Аллагьас ракъдаллъиги тӏамун анкьго соналъ гӏазаб чӏамизабун буго. Ракъуца хун буго къавмалъул бащдаб къадарниги. Гьелдаса хадубги, кинго гьел кантӏулел гьечӏолъи рихьидал, Аллагьас гьезде тӏаде батӏи-батӏиял балагьал риччан, гьел тӏагӏинарун руго, цӏад гьаризелъун Маккаялде ун рукӏарал хутӏизегӏан. Гьеб заманалда гӏадат букӏун буго цӏад гьаризелъун Маккаялде унеб.\n2006 соналда Сагӏудиязул Гӏарабиялда батун букӏараб инсанасул къаркъалаялъул скелеталъул халалъи букӏана 10 метр. Гӏалимзабазул пикруялда рекъон, гьеб букӏун батизе рес буго Къуръаналда рехсей гьабурал, Гьуд аварагасул ахӏиялъе мутӏигӏлъичӏезул къавмалдаса чиясул.\nГӏалимчи Карл Бомица хъвалеб буго гӏадамал гӏисинлъи-\nялъе гӏиллалъун ккун батизе бегьулин тӏабигӏат хиси. Некӏо тӏубанго бахчун букӏун батизе рес бугила озоналъулаб каратӏ. Гьанже гьелъул анкьил бутӏа гурони бахчун хутӏун гьечӏолъиялда бан, бакъул чӏоразул радиация цӏикӏкӏи-налъ рухӏчӏаголъиги гъветӏ-херги гӏисинлъун ва гьитӏинлъун ругила.\nНаира Сайпудинова,\nIslam.dag сайт"}
{"slug": "4293-iskusstvo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4293-iskusstvo", "title": "Искусство", "date": "2019-04-22 07:34:13", "categories": ["lit"], "text": "Къиматаб жавгьарлъун кенчӏолеб гьунар\nМагӏарул музыкалияб маданияталда гвангъарал лъалкӏал\nМагӏарул жакъасеб музыкалияб маданияталда бугеб хӏабургъараб ахӏвал-хӏал кӏочон тезабизе гьоркьо-гьоркьор редакциялде гьоболлъухъе ахӏула унго-унголъунги миллаталъул мацӏги цӏарги къиматаб жавгьар гӏадин кенчӏезабулел кочӏохъабиги, артисталги, шагӏирзабиги, мугӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги. Цинги цо лахӏзаталъ кӏочон тола миллияб маданияталде квер хьвагӏаралги, сценаялда гьединазул цо-цояз бихьизабулеб «культураги», киданиги халкъалъ къабул гьаризе гьечӏел рагӏаби гьелъухъе кьезе лъугьарал «ахӏтӏохъабиги».\nГьал къояздайин абуни редакциялде гьоболлъухъе ахӏун вукӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Мухӏамад Гӏабасов.\nХӏасратал кучӏдузул\nдандерижилъун\nМухӏамадил буго Тӏадегӏанас кьураб цӏакъго къиматаб пагьму-гьунар. Гьесул буго къанагӏатаб берцинлъиялъул, гӏенеккаразул ракӏал рохелалъги пашманлъиялъги гӏеккезарун бажарулеб гьаракь. Кочӏохъанас гьаракь биччайдал, нилъер беразда цебе тӏобитӏула тӏолабго магӏаруллъи. Цин — гӏазул цӏурал мугӏрулги гьезул борхалъиялъухъ балагьун хӏалхьоларел цӏумалги, цӏумазул борхалъиялда жидер цӏарал хъварал миллаталъул бахӏарзалги, гьез цӏигьабураб магӏарулазул тарихги. Цинги — ихдалил тӏугьдузул махӏалъ босараб тӏалъиги, тӏугьдулгӏан берцинал мусудулги, гьезул ракӏал асир гьаризе гьесадулел гӏолохъабазул рокьул чӏвабзазул бакъналги. Гьеб киналъулго нилъее Мухӏамадица бицуна жиндирго кучӏдуздалъун.\nГьедин букӏана Дагъистаналъул\nтарихалда вахӏшиял лъалкӏал тарал араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаги. Мухӏамад тӏадвуссана магӏарул бахӏарчияб тарихалде, ай гӏемерал соназ жиндир цӏар бахъизецин гьукъун вукӏарав имам Шамилихъе. Гьелго соназ къватӏибе бачӏун букӏана Хӏамзатил Расулил «Концерт» абураб тӏехьги. Ва гьениб букӏана кӏудияв имамасе сайгъат гьабураб кечӏги. Мухӏамад Гӏабасовас ахӏараб гьеб кечӏалъ нух рагьана имам Шамилил гьунаразухъе. Гьелъул магӏна ккола магӏарул тарихги тарих гвангъизабурал гӏадамалги цӏакъго хириял ругин гьесиеян абураб. Гьеб бихьулеб букӏана, гьесулгун гара-чӏвари гьабулагоги.\nКӏудияб гъира-шавкъалда бицунеб букӏана Мухӏамадица магӏарулазул хӏакъалъулъ, дунялалъулго тарихалда гьез тарал ва толел ругел лъалкӏазул хӏакъалъулъ. Жиндирго хӏакъалъулъ бицине регӏулевги вукӏинчӏо гьев, миллаталъул борхалъиялъул ва тӏадегӏанлъиялъул бицунаго…\nДагъистаниязе гӏагараблъун\nлъугьараб театр\nИсана къого сон тӏубана Дагъистаналда Операялъул ва балеталъул театр гӏуцӏаралдаса. Гьелдаса нахъе театралда хӏалтӏулев вуго Мухӏамадги.\nОпера ва балет ккола магӏарул\nмаданияталъе хасиятаб гуреб\nискусствоялъул бутӏа. Амма Му-хӏамадихъаги гьесул коллектива-лъухъаги бажарана гьеб къагӏидаги дагъистаниязе гӏагараблъун лъугьинабизе.\n— Хӏакъикъаталдаги операгун балет нилъер маданияталда букӏинчӏо. Амма гьанже ракӏ бохула, театралде рачӏунел гӏадамазул цӏикӏкӏараб къадар бихьидал. Гьенире рачӏуна студенталги, цӏалдохъабиги, цогидал миллиял театразул артисталги, гӏадатиял дагъистаниялги. Гьезда гьоркьор руго магӏарулалги. Гьезда бичӏчӏулеб буго бечедаб магӏарул тарихалъул хӏакъалъулъ кьурдабаздалъун бицине бегьулеблъиги. Масала, «Имам Шамил» балета-лъухъ халгьабизе рачӏун рукӏараз кьабгӏун цӏун букӏана зал. Гьениб бицунебги букӏана Кавказалъул рагъулги, имам Шамилилги, гьесие ритӏухъаб халкъалъул гьунаралъулги хӏакъалъулъ. Чӏвалеб хъатил гъугъай магӏарухъегицин рагӏулеб букӏун батила. Амма дие цӏакъ бокьилаан, гӏолилал гьеб искусствоялъухъе тӏадруссани ва гьеб бичӏчӏизе хӏаракат бахъани. Гьеб буго инсанасул рухӏияб дуняла-\nлъул бицунеб унго-унгояб искусство. Масала, гӏолилаз гьединго хӏаракат бахъизе ккола симфоникияб музыкаялъухъ гӏенеккизе ва бичӏчӏизе. Ракӏ-ракӏалъ гьеб къабул гьабулеб бугони, гьениб нилъеда рагӏула ва бихьула нилъерго гӏумру, рокьи, рокьукълъи, талихӏ, талихӏкъин. Дагь-дагьккун ругьунлъула гӏумру бокьизе ва гье-лъул адаб гьабизе. Гьеле унго-унгояб искусство. Гьанже рачӏаха данде-кквезе сценаялда рагӏулел чӏорогоял кучӏдулги гьеб искусствоги.\nБищунго мекъи ккараб жо буго кочӏохъ гӏенеккизе лъангутӏи. Кигӏан пашманаб кечӏ ахӏулеб бугониги, «гьай-гьуй» лъугӏулеб гьечӏо сценаялдаса. Гьелъ кочӏол тӏагӏамги хвезабулеб буго. Дир кечӏ бокьулез абула концертал щай кьоларелилан. «Гьай-гьуялъул» кучӏдул гьечӏо дир репертуаралда. Гьединазде гурони гӏадамалги рачӏунел гьечӏо, — ян бицана Мухӏамадица.\nГьесул кӏиявго васги, Белек ва Салман, хӏалтӏулел руго Операялъул ва балеталъул театралда.\n— Гьезда, гьи-тӏинаб мехалда гьикъулаан, кӏудиял гӏедал щаллъун ра-хъине ругелилан. Гьез кидаго жавабги кьолаан «дадалъун» хӏалтӏизе ругин жалилан. Гьитӏинго гьудуллъи ккуна гьез музыкалиял тӏагӏелазулгун, — ан тӏадеги жубана гьес.\nМахщелчилъиялъул тӏогьазда\nМухӏамад Гӏабасов 1988 соналда цӏализе лъугьана культпрос-\nветучилищеялде. Гьеб лъугӏун хадув хӏалтӏана Шамил районалъул Культураялъул рокъов. 1996 соналда Мухӏамад мустахӏикълъана «Дагъистаналъул культураялъул\nмустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъеги. Гьебго соналда хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралде, гьелдаго цадахъ Дагъистаналъул пачалихъияб вокалиябгун кьурдул «Дагъистан» ансамблялде.\nМухӏамадица гӏахьаллъи гьабурал асаразул аслияллъун рикӏкӏине бегьула Г. Хӏасановасул «Хочбар», Н. Дагировасул «Йирчи Гъазахъ», С. Рахманиновасул «Алеко» (гӏолохъанав цыган), П. Чайковскиясул «Евгений Онегин» (Ленский), «Медный всадник» (Евгений), М. Кажлаевасул «Валида» (Мурад), Р. Леонковаллол «Паяццы» (Беппол партия) ва цогидалги.\n2005 соналда Мухӏамад Гӏабасовасе кьуна «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цӏар. 2017 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралъул директорлъун.\nГьеб буго гӏадатияв магӏаруласул иргадулаб борхалъи. Магӏарул музыкалияб маданияталъе хасиятаблъун гьечӏеб гьеб театралъе нухмалъи гьаби бигьаяб ишги батиларо. Амма Мухӏамадида кӏвана Дагъистана-лъул халкъазул миллияб хаслъи театралда цӏунизе ва дагъистаниязе бокьулеблъун лъугьинабизе.\nУмумузул ирс рагӏдукь хутӏиларо\nНахъеги – магӏарул кечӏ-бакъаналъул хӏакъалъулъ.\n— Битӏун бицани, пикраби кутакалда хӏалуцуна, гьабсагӏаталда сценаялда бугеб ахӏвал-хӏал ракӏалдещведал. Хьул биццатаб букӏунаха чиясул. Дирги божилъи буго умумузул гӏадаталги нахъе тараб бечедаб музыкалияб ирсги нас-лабахъе тӏадбуссинилан, — ан абуна гьес.\nКин ва кида!? Гьеб жибго гӏумруялъ бихьизабила заманалъул кумекалдалъун. Рес гьечӏо умумузул ирс рагӏдукь хутӏизе.\nАхӏулеб буго кечӏ магӏарул мацӏалъ.\n— Кин ругел, магӏарулал, кир ругел магӏарулал?..\nКочӏохъанасул гьедин ахӏулеб гьаракь боржунеб буго мугӏрузухъе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4294-magiarulaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4294-magiarulaj", "title": "Магӏарулай", "date": "2019-04-22 07:38:37", "categories": ["obshestvo"], "text": "Камиллъиялъе гӏорхъи букӏунаро\nИгьалиса Асиятидаса мисал босизе хӏаракат бахъула цадахъ хӏалтӏулез\nРеспубликаялъул клиникияб больницаялъул нефрологияб отделениялъул жанахӏалда бараб хӏурматалъулаб хъорщода чӏвараб медсестраялъул сураталда гъоркь хъван бугоан РКБялъул отделениязул процедуриял кабинетазда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда Рахӏматулаева Асиятил кабинеталъе тӏоцебесеб бакӏ щванин ва бетӏерав тохтурас гьелъие шапакъатги кьунилан. Отделениялъул заведующая Фатима Гӏабдурахӏмановалъ бицана сураталда йигей яс бищунго лъикӏай медсестра кколилан.\nРКБялда хӏалтӏулел азаргоялдасаги цӏикӏкӏун медсестрабазда гьоркьоса бищунго лъикӏазул хӏалтӏул хӏалбихьиялъул хӏакъалъулъ бицунеб больницаялъул бетӏерай медсестра Фиала Мухӏамадовалъул тӏехьалда Асиятил хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Рахӏматулаева ккола лъикӏаб махщалил медсестра. Гьелда лъала хӏалтӏуе къваригӏунел киналго цӏиял къагӏидаби, махщалида тӏуразарула тӏадкъанщинал ишал, бажарула къварилъиялде ккарасе хехаб кумек гьабизе. Гье-лъул каламалъулъ гьечӏо «бажаруларо», «кӏоларо», «лъаларо», «гьеб дир хӏалтӏи гуро» абурал рагӏаби. Гьелъул гӏаксалда, кинаб тӏадкъай кьуниги, заманалда тӏубазабула. Гьелъул лъикӏаб гӏамалги, берцинаб каламги, унтараздехун бугеб тӏалаб-агъазги бихьун, цадахъ хӏалтӏулезги хӏаракат бахъула гьединабго жавабчилъиялда ва ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏизе», — ян.\nАсият ккола Гумбет районалъул Игьалиса. 2006 соналда лъугӏизабуна Аскерхановасул цӏаралда бугеб ДГМУялъул базовияб медколледж. Гьелдаса нахъе хӏалтӏулей йиго нефрологияб отделениялда.\nБерцинаб гьимигун, гьуинаб каламгун дару гьабизе Асият палатаялде ячӏин жидее рохеллъун букӏунин бицана гьенир регарал унтаразги. Отделениялда хӏалтӏулеб 13 соналда жаниб гьелъие я унтарасул, яги тохтурасул рахъалдасан цониги бадибчӏвайги щун гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда, щун руго гӏемерал шапакъатал, рецц-бакъалъул ва баркалаялъул рагӏаби.\n2010 соналда больницаялъул отделениязул медсестрабазда гьоркьоб тӏобитӏараб «Бищунго лъикӏай медсестра» абураб конкурсалдаги тӏоцебесеб бакӏ босана Рахӏматулаевалъ. Гьанжеги гьей хӏадурулей йиго гьединабго къецалда гӏахьаллъизе.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицунаго, отделениялъул медсестра Сулейманова Месейица абуна:\n— Асият йиго гӏадамазе лъикӏлъи гьабизе бокьулей гӏадан. Дару кьезе, укол гьабизе, капельница лъезе гьей ячӏиналъухъ балагьун чӏун рукӏуна унтарал. Щайгурелъул, гьелда лъала гьезул ракӏ-макӏ гьабизеги, данде кколеб берцинаб рагӏи бицинеги ва сахлъизе рукӏиналда гьел божизаризеги. Аслияб жо — гьелъул буго лъикӏаб лъай, тириял кверал, унтарасдехун гурхӏел, — ан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4295-mesed", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4295-mesed", "title": "Месед", "date": "2019-04-22 07:39:57", "categories": ["obshestvo"], "text": "Руччабазе бегьулебщинаб бихьиназе бегьуларо\nРукьалда курхьен баялъ, килщида баргъич ххеялъ инсанасе гьабулеб асаралъул бицун гӏемерал тӏахьал хъван руго гӏалимзабаз. Гӏемерисез абулеб буго меседил баргъич даимго килщида ххун тезе лъикӏаб гьечӏин, хасго бихьиназе. Заман банагӏан гьеб магӏданалъе химиялъулаб асар гьабулеб гӏаламат лъугьунеб буго. Гьелъ бихьинчиясул лугбузул низамги хвезабулеб буго. Амма руччабазе гьелъ зарал гьабулеб гьечӏо. Гьелъие гӏиллалъунги гӏалимзабаз рехсана гьезул ургьимес ва гӏаврат къватӏиса асар гьабиялдаса цӏикӏкӏун цӏунараб букӏин. Гьединго гӏалимзабаз абулеб буго баргъичалъ асар гьабулеб жанисеб гӏуцӏиги бугин. Лъалеб букӏахъе, килщазул аххаде бакӏарун буго нервабазул гӏемераб къадар. Гьелъ нервабазул хӏалуциналъул карачелазде асар гьабулеб буго, гьединлъидал къараб баргъич базе лъикӏабги гьечӏо. Жинда тӏад хӏутӏалъул яги кӏудияб бетӏералъул гӏаламат бугеб баргъичалъ рахӏатба-хъи гьабулеб гӏадаб къараб баргъич баялъ остеохондроз ва радикулит ккезе рес буго. Бакьулъ килщида ххун бугони, гьелъ атеросклероз ва бидул тӏадецуй цӏикӏкӏинабулеб батун буго. Гьитӏинаб килщида ххеялъ бакьазе зарал кколеб батун буго. Гьединлъидал, баргъич базе байбихьаралдаса хадуб килищ биццалъани, баргъич хисун яги гӏатӏид гьабизе ккола ва къаси кьижилалде цебе гьеб тӏаса бахъизе кӏочене бегьуларо. Гӏалимзабаз абулеб буго баргъич гьабизелъун хӏалтӏизабулеб меседалъ руччабазул черхалъе хасаб асар гьабулин ва лъикӏаблъун бихьизабулеб буго меседил гьабураб курхьен, баргъич рекӏел унти бугел ва ригьалде рахарал руччабазе базе. Баргъич ххезе лъикӏаб бугин абулеб буго бидул тӏадецуй цӏикӏкӏун букӏунезе, щайгурелъул гьелъ бидурихьазул хӏалуцин гӏодобе ккезабулила. Амма гӏарцул гьабураб баргъич, курхьен гьединазе лъикӏаб гьечӏо.\nКверзул рищиялда буго ургьисалазда, тӏулада ва рекӏеда бухьараб ункънусгоялдаса цӏикӏкӏун точка. Гьединлъидал тохтурзабаз абулеб буго цо-цо мехалда дандчӏвалила, килщида ххураб баргъич бахъани, ботӏрол унти ва къаси макьу щунгутӏиялъул унти тӏаса унел лъугьа-бахъиналги.\nМухтар Мухӏамадов"}
{"slug": "4298-zhamagiatal-ul-gaza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4298-zhamagiatal-ul-gaza", "title": "Жамагӏаталъул газа", "date": "2019-04-22 07:45:04", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рацӏцӏадал росаби – бацӏцӏадаб Дагъистан\nРеспубликаялда тӏобитӏана Дагъистаналъулго росабаз гӏахьаллъи гьабураб субботник\nАраб шамат къоялъ республикаялда тӏобитӏана Дагъистаналъулго росабаз гӏахьаллъи гьабураб субботник\nРосдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялда март моцӏалдаго гьеб тадбир тӏолабго республикаялъул росабалъ тӏобитӏиялда бан ахӏараб данделъиялда гьаризе кколел хӏалтӏабазул чӏванкъотӏараб сияхӏ къабул гьабун букӏана ва щибаб районалда хадур министерствоялъул вакилзабиги щула гьаруна. Гӏамм гьабун хӏалтӏуе нухмалъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Субботник, росабалъ гуребги, тӏобитӏана гӏодоблъиялда ругел мугӏрузул районазул хъутабаздаги. Шамат къо тӏаде щвелалдего росун рукӏарал пихъил ва пихъил гурел аза-азар гъутӏбиги чӏун, гьеб къоялъ берцин гьаруна росабазул къватӏал, лъималазул ахал, спортивиял майданал, школал, гӏи-боцӏи хьихьулел бокьазда ва иццазда сверухъ бакӏал. Министрас, жидерго аппараталъул хӏалтӏухъабигун цадахъ лъугьун, жигараб гӏахьаллъи гьабуна Цӏияб Хушет росу сверун бакӏ берцин гьабиялъулъ.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас ракӏалде щвезаруна жамгӏияв хӏаракатчи Владимир Познерил «Россиялъул тӏабигӏаталдаса киналго цӏакъ чӏухӏула, амма гьеб цӏуниялъулъ гӏахьаллъи гьабула гьезул гӏицӏго цо проценталъ» абурал рагӏаби.\n«Нилъеца ургъел гьабичӏони, гьелъул милат гьабулел чагӏи рукӏунаро. Гьединлъидал субботник гьабиялъул мурадги буго нилъерго ракь ясбер гӏадин цӏуни», — янги абун, байбихьана гьес хӏалтӏуде.\nРосабалъ гьарурал хӏалтӏаби ана гӏуцӏараб къагӏидаялда. Аслияб жо — гӏолилазул тӏадкъараб ишалде бихьулеб букӏана гъира-шавкъ букӏин. Мисалалъе, Хунзахъ районалъул Бакьайчӏиб, Гӏараниб, Гӏобода, Тӏануси ва Хунзахъ росабалъ чӏана 1500 гъветӏ, кӏурана гъутӏби ва къватӏал чороклъиялдаса рацӏцӏад гьаруна. Гьеб киналъулъго, министерствоялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдулаевгун цадахъ, гӏахьаллъи гьабуна районалъул бетӏер Зайдиев Нурмухӏамадицаги.\nХъумторхъала районалда нус-нус чияс гӏахьаллъи гьабуна гъутӏби чӏеялъулъ, райцентралда, Шамхал-Янгъиюрт, Темиргъой, Тюбе росабалъ къватӏал рацӏцӏад гьариялъулъ. Гьел хӏалтӏаби тӏоритӏана районалъул бетӏер Салим Токаевасул гӏахьаллъигун.\nГӏахъуша районалъул Муги, Гӏахъуша, Усиша, Хӏапшима росабазул нухазул рагӏаллъабазда, «Усишинский», «Сумена Курбанова», СПК «Тебекмахинский», СПК «Уйташский», СПК «Гулатинский» агрофирмабазда районалъул бетӏер Мухӏарамов Ахӏмадил ва министерствоялъул хӏалтӏухъан Исуев Зубайрил нухмалъиялда гъоркь чӏана 3000 гъветӏ, къватӏазда гьабуна рацӏцӏалъи, нахъе баччана рищни.\nБуйнакск районалда лъабго къоялда жаниб чӏана 3000 гъветӏ. Гьеб тадбиралда министерствоялъул рахъалдасан гӏахьаллъана Гӏабдулзагьир Хӏусеновги.\nЦогидазеги мисалияб къагӏидаялда хӏалтӏаби гьаруна Агъул, Гъуниб, Дербент, Цӏияблак, Цӏумада, Казбек, Хайдакъ, Гъизилюрт, Гъизляр, Нугъай, Чӏарада, Шамил районаздаги.\nТӏолгодагъистаналъулго росабазул субботник тӏобитӏи ккана цӏакъ лъикӏаб иш, санайилго такрар гьабизе бегьулеб тадбирлъун."}
{"slug": "4299-ratsitsiadal-khiayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4299-ratsitsiadal-khiayal", "title": "«Рацӏцӏадал хӏаял»", "date": "2019-04-22 07:53:51", "categories": ["obshestvo"], "text": "20 тонна рощнол бакӏарана\n15 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда «Рацӏцӏадал хӏаял» абураб федералияб проект нухда бачунев Гӏиса Рамазановас бицана республикаялда рищни батӏа гьабун бакӏариялъул къагӏидаялде гӏолилал ругьун гьариялъул хӏакъалъулъ.\n«Проекталъул магӏна ккола хӏаязул кумекалдалъун экологияб акция тӏобитӏи. Гьелда рекъон, бищунго хехго ва бищунго цӏикӏкӏун рищни бакӏарараб къокъа бергьуна. Субботникалда рищни бакӏаризе гӏадамал хӏалица гьарун рачунел ратани, «Рацӏцӏадал хӏаязде» гӏолилал гъираялда рачӏуна. Хӏаязда гӏахьаллъизе бокьараз цебеккунго хъвай-хъвагӏайги гьабун букӏуна. Дагъистаналда гьеб проект хӏалтӏизе байбихьана 2017 соналда. Гьелъул хӏакъалъулъ дида тӏоцебе рагӏун букӏана Санкт-Петербургалда тӏобитӏараб гӏолилазул халкъазда гьоркьосеб форумалда. Дица гьелъул цӏех-рех гьабуна ва 2017 соналъул апрель моцӏалда тӏоцересел «хӏаялги» тӏоритӏана Махӏачхъалаялъул «Оазис» пляжалда», — ян бицана Гӏиса Рамазановас.\nТӏоцересел «хӏаязда» гӏахьаллъана 120 чи ва сагӏатгун бащдаб заманалда жаниб рищни-къулалъул 350 хъап бакӏарана гьез.\n«Рацӏцӏадал хӏаял» гӏицӏго рищни бакӏари гуро, хӏаялъулъ гӏахьаллъулел гӏолилалгун цадахъ нижеца зарядка гьабула, флешмобал, экологиял викторинаби тӏоритӏула, тадбир лъугӏун хадур киналго цадахъ къадеги кванала», — ян бицана Рамазановас.\nХӏаялда бергьаразе спонсораз батӏи-батӏиял шапакъаталги кьола.\nДагьал церегӏан къояздаги тӏоритӏана «Рацӏцӏадал хӏаял». Республикаялда гьел «хӏаял» тӏоритӏизе байбихьаралдаса нахъе бакӏарун буго 20 тонна рощнол, ва «хӏаязда» гӏахьаллъун вуго 986 чи.\nПатӏимат\nСултӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4300-diana-gurtskaya-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4300-diana-gurtskaya-dag-istanalda", "title": "Диана Гурцкая – Дагъистаналда", "date": "2019-04-22 07:55:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Бесдаллъималазул ва сакъатазул ургъалида\n18 апрелалда Дагъистаналде ячӏана Диана Гурцкая. Гьей ккола РФялъул мустахӏикъай артистка, Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб хъизамалъул, лъималазул ва улбузул масъалабазул рахъалъ комиссиялъул нухмалъулей.\nМахӏачхъалаялъул аэропорталда гьелда дандчӏвай гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас ва захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Изумруд Мугудиновалъ.\nД. Гурцкаялъ бицана Махӏачхъалаялде ячӏиналъе гӏилла кканин канлъукъал лъималазул интернаталдеги, бесдаллъималазул школа-интернатаздеги ва гьединалго цогидалги цӏалул идарабаздеги щвезе бокьи ва гьениб бугеб хӏал лъазаби."}
{"slug": "4346-forma-retiarab-giolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4346-forma-retiarab-giolaro", "title": "Форма ретӏараб гӏоларо", "date": "2019-04-29 09:40:40", "categories": ["obshestvo"], "text": "Орехово-Зуево шагьаралда, полициялъулаз вухун, хвезавуна Сулли Юнусилау\nГьев ккола ММАялъул кӏицӏул чемпион Мухӏамад Юнусилаул эмен. Полициялъулазин абуни гьев чӏвана, хӏакъикъаталдаги вухун хвезавун вугелъул, чӏванин абизе ккола, гӏадамазул берда цеве. Гьездасаги, ай «полициялъулаздасаги» лъутун аскӏоб букӏараб аптекаялде ворчӏарав Юнусилауца ахӏи балеб букӏана хӏакъикъияб полиция ахӏейилан. Амма хадурги рачӏун, жал полициялъулал ругинги абун, чӏвана гьез ригьалде вахарав чи.\nГьел чагӏи, ай чӏвадарухъаби полициялъул хӏалтӏухъаби кколин кинго абизе кӏолебги гьечӏо. Гьел руго нахъегӏанал угърашал, миллатчагӏи ва хӏинкъучал. Гьезие рекӏее гӏечӏеб къагӏидаха кавказалъуласул гьумер. Гьелъиеги батила гӏилла: щиб лъалеб, гьев лъабавго хӏалихьат армиялда гӏезегӏан инжит гьарун рукӏун ратизе руго кавказалъулаз. Гьанжейин абуни, ай чвантиниб лъезе удостоверениеги рачлихъ базе таманчаги щведал, гьел рукӏун ратиларищха къисас босулел ругин абун.\nГьединал лъугьа-бахъинал гӏемер дандчӏвана дидагоги. Москваялда, Кавказалъул халкъазул конгрессалъул инсанасул ихтиярал цӏунулеб централда хӏалтӏулеб заманалда, гӏезегӏан ккана нахъегӏанал къасдазул форма ретӏаразул квачӏикьа гӏоло-хъаби рахъизе.\nДида ракӏалде ккун букӏана Москваялдаги гьелда сверухъ ругел шагьа-раздаги гьединал ишазе цебего ахир лъун батилин. Амма дун мекъи вукӏун вуго. Ахир кин лъелеб, Кавказалдасаги Гьоркьохъеб Азиялдасаги рачӏараздехун бугеб рокьукълъи лъугӏун гьечӏеб мехалда ва гьезул чвантиниса кваназе хьулазда ругелги рукӏаго. Министрги вахӏшияб такъсир гьабураб областалъул полициялъул начальникги, кӏалдибе лъим босарал гӏадин, руцӏцӏун чӏун руго. Гьезие щибха, гьезда лъалелъул жидее мукӏураз жеги вахӏшиял такъсирал гӏемерал гьарураблъи. Гьелда релълъараб иш кавказалъуласухъа ккун букӏарабани, киса-кибего лъугӏи гьечӏеб ахӏи ба-хъинабилаан букӏараб жамгӏияталъ, телевидениялъ ва Интернеталъ. Цо улкаялда батӏи-батӏиял даражаялъул гӏадамалищ рукӏунел? Щайха гьеб миллатчилъиялъулаб унти кьолболъанго сах гьабулареб? Щай гьеб унтиялъ унтун бугеб Москваялъул ва Подмосковьеялъул полиция?\nГьеб суалалъе жаваб балагьулаго, ракӏалде бачӏана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. 10 соналъ цебе ниж (РКНКя-лъул делегация) рукӏана Иваново шагьаралда. Милициялъул цо офицерасулгун харбида рукӏаго, гьес абуна: «Хӏалтӏул хӏалбихьи камил гьабиялъул курсазда цӏализе дица дирго хӏалтӏухъаби тӏокӏалъ киданиги ритӏизе гьечӏо Москваялде», — ян. Щайилан цӏехедал, гьес абуна дораса хӏалтӏухъаби тӏадруссун рачӏунила тӏубанго батӏияб гӏамал-хасиятгун, битӏахъе хисун лъурал чагӏи гӏадин. «Москваялъул курсал лъугӏараз байбихьула жидерго\nхъулухъалдаса пайдаги босун тӏасанккарал жал гьаризе. Гьединал хӏалтӏудаса эркен гьаризеги ккола, цогидал хадур цӏачӏого рукӏине», — ян бицана офицерас.\nБихьулищха, цо идара, цого законал, амма хӏалтӏи гьабиялъул батӏи-батӏиял къагӏидаби. Аби буго ччугӏа бетӏералдаса байбихьун махӏцунин абураб. Гьеб битӏарабги буго. Москваялдаги гьелда гӏагарлъухъгилъидал улкаялъул аслияб бечелъи, ай гӏарац бугеб. Гьенирлъидал бищун гӏемер мигранталги рукӏунел. Ботӏрое дагьабниги жагъаллъи ккарасдаги кӏвелищха гьеб киналдасаго пайда босичӏого чӏезе.\nРФялъул МВДялъул коррупциялде данде къеркьеялъул ва экономикияб хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул бетӏераб управлениялъул начальник Захарченкол яцалъул рокъоб ичӏго миллиард гъуруш батараблъи лъида лъалареб? Гьеле доб аздагьоялъул бетӏер. Ботӏроцаги гьединал жал гьарулеб мехалда рачӏчӏазда хьвагӏечӏогогӏаги чӏезе кӏвелищ?\nОрехово-Зуевоялда ккараб лъугьа-бахъиналда бан РКНКялъ бажарарабщинаб гьабизе буго такъсирчагӏи мустахӏикъаб тамихӏалде цӏазелъун ва хӏаракат бахъизе буго гьединал ишал жамгӏияталъул бербалагьиялда гъоркь чӏезаризе.\nДенга Халидов,\nРКНКялъул председателасул заместитель,\nДРялъул Жамгӏияб\nпалатаялъул член"}
{"slug": "4347-giak-ilab-ragii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4347-giak-ilab-ragii", "title": "Гӏакъилаб рагӏи", "date": "2019-04-29 10:18:50", "categories": ["obshestvo"], "text": "Берцӏодор\nГьеб къоялъ Къебедидаги Гӏайшатидаги бищун къокъаб моцӏ щибали цӏехон букӏарабани, гьез ургъичӏого жаваб кьезе букӏана гьаз ригьин гьабураб моцӏ бугилан. «Гьацӏул моцӏ» байбихьун ункъо моцӏидасан гурони, гьелъие цӏияб, ай чӏухӏдае ретӏунеб гурде къваригӏинчӏо. Гьей Къебедгун цадахъ, гӏагараб техникумалъул студентаз ва преподавательзабаз данде гӏарацги рехун, жиндие босараб крепдешин ххамил къотӏелги къвалакь ккун, общежитиялда кьураб рокъоса къватӏие яхъана. Гьал унел рукӏана руччабазул вукъарухъан Гьерелмуртихъе.\nГьеб къоялъ Къебедида ракӏчӏун лъалаан жиндир лъади дунялалда бищун берцинай гӏадан йикӏин, Гӏайшатилги щибго щаклъи букӏинчӏо жиндир рос бищун гӏакъилав ва сахаватав чи вукӏиналда.\nГьел Гьерелмуртил кӏалтӏе щвана ва, гӏемер ургъичӏого, нуцӏил цӏумуралда тӏад килищ цуна.\n— Гьаа! – ян ахӏун жаваб гьабуна, гьезие нуцӏа рагьулаго, вукъарухъанас. – Гьале ахир-къадги нуж рачӏана. Вукъарухъан вугоан, гӏакълуялдасаги арав, жиндирго музыкаялъ гӏинкъги гьавураб заманалъ машгьурав композитор Людвиг ван Бетховенил художниказ бахъараб цӏакъго херлъараб сураталда релълъарав чи.\n— Дуда бихьулищ, Римма? – ян кӏалъалев вукӏана Гьерелмурт лъидаялиго, рокъове жанивехунги валагьун. – Дуда лъазе бокьун батани, гьал руго клиентал! Кин букӏаниги, рачӏана гьал! Мун гурищ йикӏарай ункъо соналъ цебе дица мадам Гӏалиевалъе гурде букъаралдаса, бетӏер бугев чи тӏокӏалъ дихъе вачӏунарилан!\n— Ниж духъе гурде букъизе рачӏун руго,- ян байбихьана Къебедица. – Нижеда абуна…\n— Рагӏанищ, Римма?! – ян гӏолохъанчиясул рагӏаби гьоркьор къотӏизаруна Гьерелмуртица. – Гьаз абулеб буго гурде букъизейилан – гьелъул иш тӏубалев чи дун гурищ кколев. Аллагьасе рецц! Лъугӏун гьечӏо ракьал-\nдаса саламатал гӏадамал. Дунни вукӏана киназулго бетӏер сверун батилин. Батӏияб жо рагӏуларо «Карден!», «Диор!», «Легерфельд!»… Щив кколев гьев Легерфельд, дица нужеда гьикъулеб буго? – ян абула ццинбахъарав гӏадин лъугьун Къебедида тӏаде къана вукъарухъан. – Кӏудияб иш — гьес ингилисазул къиралалъе букъулеб рагӏула! Дагӏба гьечӏо, дурго гӏолохъанай лъади гьабсагӏат ингилисазул херай къирал гӏадин йихьизе бокьани, мунги ине бегьула Легерфельдихъе!\n— Нужерго талихӏ буго гьеб! – гьанже Къебед гӏодовевиччазавизе гӏадин кӏалъана вукъарухъан. – Щайин абуни Легерфельдица гӏадин кинаялиго ингилисазул къирал гурей, унго-унголъунги къирал гьаюн бажарула дихъа дур лъади. Унго-унгоги берцинай бикаха гьебмехалъги! Гьанже хӏалтӏуде лъугьинин… Амма байбихьуда ахирисеб суал: нужеда лъалищ щибжо кколеб гурде? Руцӏцӏа! Жаваб кьечӏогоцин лъикӏаб букӏина. Гьабсагӏат нужеца абула: руцӏцӏ-руцӏцӏарал ххамил чӏалал, вытачкаби, оборкаби… Гьадингоясеб жо! Гьеб жаваб данде ккезе бегьула Легерфельдие. Гурде – гьеб батӏияб жо ккола. Гурде, гӏолилав, гьеб бищунго цебе, чӏужугӏаданалъул «лъикӏал гьечӏел» бакӏал рахчулеб, ва «лъикӏал бакӏал» рихьизе тӏамулеб ххамил кесек ккола. Дуда дир пикру бичӏчӏанищ? Телин, чӏужугӏаданалъул берцинал бохдул руго. Гьебмехалъ нилъеца гьелъие букъула къокъаб гурде, ва гьелдалъун нилъ «бергьуна». Ялъуни, гьелъул сурарал бохдул ругони, амма каранзулъа берцинай йигони, нилъеца букъула халатаб гурде ва берцинаб логолъ балагьула «бергьенлъи». Гьединал ахир гьечӏел балъголъаби руго рукъарухъанлъиялъул. Амма жакъасеб ахӏвал-хӏал босани, – вукъарухъан кӏвар кьун валагьана Гӏайшатихъ – дида ккола нилъеца кинабгӏаги лага цебе рехиларин, лъикӏаб букӏина цӏакъ…, горбодаса хӏатӏиде щвезегӏан бахчараб гурде букъани!\n— Тӏубанго черх бахчарабищ? — ан мацӏ барав гӏадинцин лъугьана Къебед. – Гьедин батани, кинаб логодаха нилъеца «бергьенлъи» босизе бугеб?\n— Ххамил сураталда! – ян вохун ахӏана вукъарухъанас – Гьеб нужеца бачӏараб ххамида ругел гӏурччинаб ахикь цӏакъ берцинал багӏарал хӏанчӏи рекъон ккелин тола дица! – Босун жиндирго вукъарухъанасул роценгун, гьев жигаралда лъугьана Гӏайшатил лугбал рорцине ва жиндирго басрияб блокноталда хъвай-хъвагӏаял гьаризе.\n— Чӏая, чӏая, — ян абуна Къебедица, — дида щибго бичӏчӏулеб гьечӏо! Дуца рикӏкӏунеб буго гьаниб щибго цебе рехизе жого гьечӏиниланищ? Мисалалъе, росани, бохдул… Щиб дуе гьаниб рекӏее гӏолареб жо? Гьел цӏакъго тӏереналищ ялъуни хӏатталдаса ун риццаталищ ругел?\n— Гьел суалазул магӏна щиб? … – ан жаваб кьуна вукъарухъанас, гьабулеб хӏалтӏудаса берцин борхизабичӏого. – Гьелъулъищ иш бугеб? Бохдул рукӏине бегьула тӏереналги риццаталги. Батӏи-батӏиял руччабазул батӏи-батӏиял рукӏуна бохдул. Гьеб лъикӏги буго. Амма квеш букӏуна цо чӏужуялъул батӏи-батӏиял бохдул ругеб мехалда…\n— Щибилая, щибилая? – ян абун бичӏчӏуларого лъугьана Къебед.\n— Рачӏа гьаниса нахъе рилълъине, – ян абун юссун ячӏана Гӏайшат росасдехун.\n— Чӏая, чӏая цо, — ян лъадиялдаги абун, цӏидасан вукъарухъанасде тӏаделъана Къебед. – Хӏурматияв, дуца абулел рагӏабазул магӏна щиб? Кин гьел батӏи-батӏиял рукӏине рес бугел?! Кир гьел ругел?!\n— Мунго лъикӏ валагье, — ян жаваб гьабуна вукъарухъанас. – Вахӏ, дуда бихьулеб гьечӏищ, дур гьайбатай лъадул кваранаб бох квегӏалдаса гӏезегӏан жаниб цӏураб букӏин. Гьеб… ччорбахараб буго.\n— Ва, букӏунги буго, — ян лъикӏ валагьана Къебед. – Гьалъул магӏна щиб, Гӏайшат? Щай дуца гьеб дида бицинчӏеб?\n— Щибин гьеб бицинеб? – иланги абун, багӏа-бакарлъун лъугьана гьей. – Дун, школалда цӏалулеб мехалъ, эхеде кӏанцӏулаан. Спорталъул рахъалъ класс цебеккезабулебин йикӏанаха. Кваранаб бохалде кколаан аслияб къагӏидаялъ хӏал.\n— Гьелеха, – ян абун, жиндирго рагӏи бергьиналдаса чӏухӏун гӏадин кӏалъана вукъарухъан. — Дица абичӏищ! Квегӏаб гьелъул, гӏадамасулалда релълъараб, букӏине кколеб куцалда дурусаб буго. Кваранаб –хӏалщвараб букӏин бихьулеб гьечӏищ. Гьеб гьедин тезе бегьуларо, гьеб гӏунгутӏи чара гьечӏого бахчизе ккола!…\n— Рази вуго, — ян абуна щиб бицинебали лъаларого хутӏарав Къебедица. – Керен?\n— Гьебги гӏунгутӏи ккола.\n— Щибя – гьебгийищ? Щай? Дида гьелъул гӏаксалда ккола гьениб бажарилин … дуца абухъе «бергьенлъи» босизе… Дида кинго бичӏчӏуларо, щай каранзул мухъги тӏубан бахчизе кколебали?\n— Балагьея, гӏолилав, — ан гӏодове виччан абуна Гьерелмуртица, — дир бакӏалда вукъарухъан гурев, скульптор вукӏаравали, гьес дуда абилаан, керен рагьилалде цебе гьеб гьениб «букӏинабизе» ккелин. Ракӏалде ккола, нилъеда цебеги гьебго масъала бугин. Дур ракӏбакъваге расги! Гьебги щиб суал – керен-бетӏер! Дуда бичӏчӏа, инсанасул пикруялда щибго гьечӏелъубги бокьараб жо бижизабун бажарула. Гурде карандаса махщалида буцӏцӏинабуни, тӏабигӏаталда кӏочон тараб, нилъер гӏадинаб цӏанбитӏараб бакӏалдацин бокьарав бихьинчи ур-хъилеб «бечелъи» бижизабун бажарула.\nГьединалго нухал ратизе бегьула чорхол лугбазе гуребги гьурмадуеги. Дида кидаго квеш букӏун букӏуна бакъбаккул модельераз ургъизегӏанищ паранжа тезе…\n— Щиб гьалда паранжа ретӏине кколин абулеб мехищ дур гьеб? – ан хӏинкъун лъугьана Къебед\n— Дица гьедин абичӏогури.\n— Къебед, — ан абуна Гӏайшатица, – рачӏа гьаниса нахъе рилълъине.\n— Гьанже чӏая цо! – гьоркьой къотӏизаюна гьей росас. – Дида лъазе кколарищ, бичӏчӏизе кколарищ.. Гӏенеккия.. э..э… кӏочана дур цӏарги… каранзул бицаралда дуца дун божизе гьавуна… Гьанже дидагоги бихьулеб буго… Нилъеца хӏалбихьани чергеслъи бихьизабизе?\n— Кин гьеб? – борхизабун ризаб кьенсергун, валагьана вукъарухъан. – Дуда щиб ракӏалде ккараб, щиб бакӏ дуда цеберехизе пикру ккараб? — янги абун, вукъарухъан мухӏканго гӏолилалъул чергеслъи бихьизабизе кколел лугбузухъ валагьана\n— Щай гьеб, бегьуларищ щиб гьабунги гьеб мухъ цеберехулеб куц гьабизе… Масала, кинаб бугониги вытачка лъезе…\n— Бегьула, щай бегьулареб, — ан абун тӏад рекъана вукъарухъан. – Амма дуца бихьизабе киб бугеб гьеб цеберехизабизе кколеб лагаяли. – Лъикӏаб букӏинаан, гӏантал гӏакълаби кьун, дир бетӏер сверизабичӏого чӏолевани мун. Дуде кколеб хӏалтӏи дуца гьабун буго. Дуца гьай лъадилъун ячун йиго. Гьелъ бицунеб буго дуца гьай дунялалда бищунго берцинай гӏаданлъун рикӏкӏуней йикӏин. Дир масъала буго гьелда жеги цо чанго чи божизави. Мунги, берцинай, «вилълъа, гьаниса нахъе вилълъаян» йикӏинчӏого, сабруялда чӏани, лъикӏ букӏинаан. Бокьун бугищ берцинайлъун йикӏине – хӏехье! Жакъа гьабулеб хӏалтӏи лъугӏана, борцине рачӏа ункъо къоялдасан.\nУнкъо къоялдасан вукъарухъан Гьерелмуртида Къебедги Гӏайшатги дандчӏвана болъодухъ. Гьесул берал кенчӏелел рукӏана.\n— Баркула нужеда, гӏолилал! – ан ахӏана гьес. – Дун кьижичӏо лъабго сордоялъ. Лъалищ нужеда, сунде нилъеца тӏадчӏей гьабизе бугебали. Ххамил расен гуребги, буго гьениб «бергьенлъи» босизе кӏолеб цоги бакӏ. У, дица бицунеб буго бохдузул! Киналго бохдузда гуро. Кваранаб нилъер хӏалккараб бугониги, квегӏаб – гӏадамасул гӏадаб бугелъул. Гьединлъидал гьеб рахъалъан гурдеялда къотӏел гьабизе бегьула нилъеца мачӏчӏудул бакьулъа бахъараб чӏабаралде щвезегӏан. Бичӏчӏулеб бугищ нужеда?\nГьанже цебечӏезабе гьадинаб сурат: бакъул къо, мун лъадигун цадахъ къотӏносан унев. Гьелда тӏад цӏияб гурде, зама-заманалдасан гурде рагьун, цебе бачӏунеб квегӏаб бох. Киналго рази руго! Сверухъ ругезда бихьулеб буго дур лъадул берцинаб квегӏаб бох, мунги рази вуго – гӏадамазда бихьулеб гьечӏо гьелъул кваранаб бох. Гьеле талихӏ!\n— Батизеги бегьула, – ян загӏипаб разилъи загьир гьабуна Къебедица.\n— Рагӏулищ, Римма! – ян ахӏана вукъарухъанас рокъобе жанибехун. – Гьав жеги сантӏарилев вуго…\nЧанго къоялдасан Гӏайшат жийго ячӏана гурде босизе. Цеве гӏадин гьалда цадахъ Къебед вукӏинчӏо.\n— Кивха вугев дур хӏурматияв рос? – ан гьикъана Гьерелмуртица.\n— Ниж ратӏалъана, – ян щакърахана Гӏайшат. – Къебедида лъалеб букӏун гьечӏо дир гьалгощинал гӏунгутӏаби рукӏин.\n— Вахӏ, балагьеха бихьизе! … – ян абуна вукъарухъанас, гьей жаниехун ахӏулаго. Гьеб жеги лъикӏ, — ян абуна вукъарухъанас, гьелда тӏад ретӏараб цӏакъ рекъараб гордеги битӏа-бишизабулаго. – Битӏараб бицани, дур гьев вукӏарав рос дие вихьаравго рекӏее гӏечӏо. Нижеда, руччабазул рукъарухъабазда, гьединаб жо бер речӏчӏарабго батӏабахъизе лъала. Балагье, унго, гӏунгутӏабийила. Дуе жеги анцӏила микьгоцин сон батиларо. Цо-кӏиго соналъ эхеде кӏанцӏуге, кӏиябго бох цоцада релълъарал лъугьуна. Керен-бетӏер, гьеб щиб суал. Мун дида божа, цо заманалдасан гьел гӏунгутӏаби ралагьизеян лъугьаниги, ратизе гьечӏо дуда. Битӏараб бицани, ниж бихьинал, руччабазул берцинлъиялдаса бер гӏорцӏуларого рукӏуна. Рокьизе абуни нижее нуж рокьула батӏиял гӏиллабаздалъун … лъаларо сунду-хъали. Батизе бегьула нужер гӏунгутӏабазухъцин. Дир Риммалги гьел гӏунгутӏаби кигӏанги гӏемер руго. Гьелъ батизе бегьула гьей дие лъай-хъвай ккараб тӏоцебесеб къоялъго гӏадин йокьулейги, гьей дунялалда гьечӏелдаса анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун сон аниги.\n— Кин.. дунялалдаса аниги? — ян гӏажаиблъана Гӏайшат. – Щивгун гаргадилевха мун вукӏараб доб къоялъ?\n— Гьейгунха. Щивгун дун кӏалъалев жеги? Лъалищ, гьебха дие дуда абизе бокьун букӏараб дур вукӏарав росасул хӏакъалъулъ. Бихьинчиясе чӏужугӏадан йокьулей йигони, гьейгун гьев ватӏагьавизе кӏолеб гӏунгутӏи букӏунаро, хвалдацин кӏоларо гьел ратӏа гьаризе. Дун гӏадав бетӏер сверарав Гьерелмуртил хӏакъалъулъ бицинего ккелищ… Ва, Римма, дица битӏараб абулеб гьечӏищ? Рагӏулищ, гӏенеккун чӏана, щибго жо абичӏо данде. Гьелъул магӏна ккола дица абулеб жоялда гьей рази йикӏин."}
{"slug": "4348-giemermillatazul-ulkayal-ul-mas-alabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4348-giemermillatazul-ulkayal-ul-mas-alabi", "title": "Гӏемермиллатазул улкаялъул масъалаби", "date": "2019-04-29 10:21:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "Этнографиялдаса унго-унгояб миллияб политикаялде\n2019 соналъул 20 апрелалда Москваялда, РФялъул Жамгӏияб палатаялда тӏобитӏана Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул (РКНК) IV съезд\nРКНК гӏуцӏана 2007 соналъул 25 марталда тӏобитӏараб Россиялъул Кавказалъул халкъазул вакилзабазул тӏоцебесеб съездалда. Гьелдаса нахъе гьеб жамгӏияб хӏаракаталъ жигар бахъулеб буго регионалъул халкъазул масъалаби тӏуразаризе. Гьелъ ракӏбохизабула дир, щайгурелъул гьелъие кьучӏ лъуразул цояв дунги кколелъул. Гьеб ишалда гьор-\nкьоре лъугьаразда гъорлъ рукӏана: гьабсагӏаталда Болгариялда гӏумру гьабулев меценат ва жамгӏияв хӏаракатчи Гъизилюрталдаса Гъазияв Гъазиявовги (гьесда абула Питерскиянги), гьабсагӏаталда Россиялъул муфтиязул советалъул председательлъунги Стратегиял пикрабазул халкъазда гьоркьосеб централъул генералияв директорлъунги вугев Гӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъа Ахӏмад Азимовги (гьесго нухмалъи гьабула РКНКялъул Москваялъулаб отделениялъеги) ва цогидалги.\nРКНК гӏуцӏун букӏана лъайкьеялъулабгун социалияб рахъалъ гӏолилазе насихӏатал кьолеб ва, миллатазда гьоркьосел конфликтал ккунгутӏиялъул мурадалда, бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏиги гӏуцӏулеб, гӏолилазул ихтияралги цӏунулеб идара хӏисабалда. Доб заманалда Россиялда тӏегьалел рукӏана ультранационализмги фашизмги, гӏемер хӏакъир гьарулаан «Кавказалъул куц-мухъалъул гӏадамал».\nЧанги иш рагӏалде бахъинабуна РКНКялъул хӏаракатчагӏаз, гӏезегӏан хӏалтӏи хутӏана кагътидаго. Амма нижехъа бажарана Москваялъул хӏукуматалъулги, РФялъул президентасул администрациялъулги, РФялъул МВДялъулги пикру хисизабизе ва гьел нижер гӏуцӏиялъухъ гӏенеккизаризеги. Гьал мухъазул автор чанцӏулго гӏахьаллъана рехсарал идарабазда гӏуцӏарал тадбиразда.\nРКНКялъул букӏана захӏматаб нух. Гьеб чӏаго хутӏизабизе къеркьана Чачаналдаса этнографиял гӏелмабазул доктор, профессор Асламбек Паскачев. Гьанжеги гьев вищана нижеца РКНКялъул Тӏадегӏанаб советалъул председательлъун. Гьеб ккола РФялда гӏумру гьабулел Кавказалъул халкъазул нусгогӏанасев вакиласдаса гӏуцӏараб мини-парламент. Гьелда гъорлъ руго Россиялъул къадруял кавказалъулал: чӏахӏиял чагӏиги, гӏолилалги, гӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги (РКНКялъул регионалиял отделениязул нухмалъулел).\nЖигараб хӏаракат гьабуна гьеб ишалда Гъарачай-Чергесиялдаса Гӏалий Тоторкуловасги – Кавказалъул щибаб халкъалъул вакил гъорлъ вугеб РКНКялъул президиумалъул председателас. Исана тӏобитӏараб съездалъ президиумалде вищана 26 чи. Гьелда гъорлъ руго: Нугъаязул миллиябгун маданияб федералияб автономиялъул председатель Казмухӏамад Янбулатов; машгьурав тележурналист ва Дагъистаналъул жамгӏияв хӏаракатчи Руслан Гусаров (гьев президиумалде вищана пуланаб халкъалъул вакил хӏисабалда гурев, оргкомитеталъул квотаялда рекъон); Москваялда гӏумру гьабулел цахуразулги табасараназулги вакил, психолог ва рагъулав таржамачи, «Школа здравого смысла» абураб идараялъул ректор Александр Ибрагьимов; Россиялъул гӏелмабазул академиялъул (РАН) Дунялалъул адабияталъул институталъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор, лъарагӏазул вакил Казбек Султанов; РФялъул Жамгӏияб палатаялъул председателасул заместитель, РФялъул культураялъул министрасул гӏакълучи Михаил Лермонтов (гӏурус-хъазахъ общинаялъул вакил); Лезгиязул миллиябгун маданияб федералияб автономиялъул (ФНКАЛ) исполкомалъул председатель Хӏусен Шахпазов. Вищана президиумалде дунги, председателасул заместительлъун.\nХӏажат бугищ РКНК?\nРехсараб хӏаракат чарагьечӏого хӏажат буго, щайин абуни:\n1. РФялъул регионазда гӏумру гьабулеб буго нилъер ракьцояз гуребги, Севериябгун Югалъулаб Кавказалдаса аза-азар чияс. Гьезул масъалаби тӏуралеб идара буго РКНК.\n2. РКНКялъухъа гӏемераб жо бажарула, гӏаммаб пикруги гъираги бугони. Гьединал, ай цогояб пикруялъул рахъкколел, кавказалъулал рукӏин бихьизабуна ункъабилеб съездалда гьарурал гара-чӏварияз (гьениб 80-ниги чияс кӏалъай гьабуна). Северияб Кавказ хӏалуцинабизе къваригӏараб къуват букӏиналъул хӏакъалъулъги бицана съездалда ва хӏукму гьабуна, республикабазда гьоркьосел гӏорхъабазул ва цогидал конфликтазул масъалаби тӏуралеб мехалда чарагьечӏого хӏалтӏизабизе халкъияб дипломатия. Щайгурелъул Росреестралъ, ракьул гӏорхъабиги гьелъул багьаги чӏезариялъул хӏакъалъулъ документал хӏадурулаго, хӏисабалде босун гьечӏо миллияб суал. Цо-цо экспертаз абулеб буго, гьеб гьабун бугин ургъунго, ай Кавказалда халкъазда гьоркьосел бухьенал хӏалуцинариялъул мурадалдаян абун. Гьединаб тунка-гӏуси ккезе биччангутӏизе хӏукму гьабуна съездалъ.\nГьабуна цоги хӏукму: РКНКялъул вакилзаби рахъинаризе федералиял министерствабазулги улкаялъул регионазул Жамгӏиял палатабазулги жамгӏиял советазул членаллъун.\n3. Информациялъулаб рахъ камил гьабизе: гӏемерисезда лъаларо гьединаб тӏолгороссиялъул хӏаракат бугеблъицин.\nУлкаялъул цебетӏеялда жакъа буго хӏалуцараб хӏал. Съездалъул трибунаялдаса дица абуна, Кавказалда тӏобитӏулеб миллияб политика букӏине кколин гьелъул некӏсияб тарихалдеги цивилизациялдеги рекъонкко-\nлеблъун; «цӏияб ермоловщинаялъул» бакӏалда (масала, гӏорхъаби чӏезариялъулъ къуватгун хӏилла-рекӏкӏ хӏалтӏизаби) Россиялъул Кавказалда тӏобитӏизе кколин пушкинизациялъулгун лермонтовизациялъул политика (ай мугъчӏвазе ккола гуманитариял технологиязде), экономикияб цебетӏеялъулгун инвестициязулаб политика (гьелъие мисалал: Стиб Джобс ва гьоркьохъел гӏасрабазул машгьурав гӏурус купец Афанасий Никитин). Дир гьеб пикруялъул рахъккуна съездалъул гӏахьалчагӏазги. Бокьана гьезие «Федерациялъул миллияб политикаялда этнографизациялъулги шоуменазулги къагӏидаби хӏалтӏизариялдаса инкар гьабизе ккола» абураб пикруги. «Ниж копол ясикӏаби гуро, миллияб парталги тӏадретӏун, чидае берцин рихьизе абун, къватӏахъ свердизе. РФялъулги Москваялъулги хӏукуматал къватӏире рахъе абе цин миллияб парталги ретӏун, нижецаги гьединго гьабила», — янги бицана дица.\nМиллияб политика кколаро кучӏдул ахӏиги кьурдиги, «лезгинкаги» «частушкабиги». Гьеб ккола халкъалъул гӏумруялъул гъварилъуда цӏунараб кьучӏ. Кьочӏоде кьватӏел ккани, тӏолабго гӏумру кӏалагъоркье чӏвала. Гьединлъидал миллияб политика букӏине ккола цӏакъ цӏодорго тӏобитӏулеблъун. Ункъабилеб съездалъул пикруялда рекъон, хӏаракат гьабизе ккола Северияб Кавказалъул халкъазул гӏумру батӏияб рахъалдаса борцинеги бичӏчӏизеги. Аслияб масъала буго халкъазул мацӏал цӏуниги, халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи-вацлъиялде рагӏад рехунгутӏиги, гӏадамазул гӏумруялъе шартӏал гӏуцӏиги.\nРКНКялъул нухмалъиялда – магӏарулал\nРКНКялъул президиумалда вуго 26 чи, гьезда гьоркьоса микьгояв вуго дагъистанияв. Тӏадегӏанаб советалда – 100-гӏан чи. Гьезда гьоркьор руго Сайгидпаша Гӏумахановги – Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул президент, Гӏали Камаловги – «халкъалъул къадруял вакил» абураб квотаялдаги, РФялъул Журналистазул союзалъул секретарьги ва «Кавказалъул рукъ» абураб регионазда гьоркьосеб жамгӏияб гӏуцӏиялъул президент вукӏин хӏисабалдеги босун.\n«Гӏолилазул гӏуцӏабазул лидер» ва «РКНКялъул регионалиял отделениязул нухмалъулел» абурал квотабазда рекъон, Тӏадегӏанаб советалда вуго щугониги магӏарулав: Хӏажи Гӏабдулкаримов (Свердловск область), Гӏалихан Аварский (Приморский край), Гӏали Шарапудинов (Астрахань); Хӏабиб Мухӏамадов (Липецк область) ва цогидалги.\nДенга Халидов,\nРКНКялъул председателасул заместитель,\nДРялъул Жамгӏияб\nпалатаялъул член"}
{"slug": "4349-mesedil-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4349-mesedil-balag", "title": "«Меседил балагь»", "date": "2019-04-29 10:23:19", "categories": ["med"], "text": "Унтуде данде прививкаби гьаризе инкар гьабуразул къадар бахана 15000 чиясде\nГьабсагӏат ругел баяназда рекъон, республикаялда месед унти бахун буго 154 чиясде. Гьебги буго хехго бахунеб ва цебеса цебе унеб унти.\nПрививка гьабичӏев ва цевеккун меседалъ унтичӏев чиясде цӏакъ хехго бахуна гьеб. Жиндир заманалда тохтурасухъе бачун бачӏараб унтараб лъимер хехго сах гьабизеги кӏола.\nЦебе, месед унтуда данде вакцинация гьабулареб заманалда, гӏемерисел лъимал холел рукӏана меседалъ унтун. 2019 соналъул байбихьуда Грузиялда, Украинаялда месед унтиялъ гӏадамал хвеялъул хӏужабиги ккана.\nРеспубликаялда месед унти бахарал къо-йидаса къойиде цӏикӏкӏунел рукӏиналда бан, ДРялъул хӏукуматалъ, Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ, Роспотребнадзоралъул управлениялъ ахӏи балеб буго ва халкъалъе бичӏчӏикьеялъул тадбирал тӏоритӏулел руго.\n24 апрелалда, «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб дандчӏваялда, ДРялъул сахлъицӏуниялъул мурадалда халкъалъе медицинаялъулаб кумек гьабиялъул отделалъул начальник Муслимат Хӏасановалъ ва ДРялъул муфтияталъул вакил, исламияб медицинаялъул специалист Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас бицана месед унтудаса цӏуниялъул ва прививкабазул хӏакъалъулъ.\nМуслимат Хӏасановалъул баяналда рекъон, меседалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏин бараб буго прививкабаздаса инкар гьабулезул къадар цӏикӏкӏиналда.\n«2010-2011 соназда республикаялда прививкабаздаса инкар гьабулезул 200-300 чи вукӏун ватани, гъоркьиса гьединазул къадар 15000-ялде бахана. Абизе бегьила республикаялда прививкабазде данде информациялъулаб рагъ унеб бугин. Интернеталда бицунеб букӏуна, вакцинаби квешал ругин, гьез лъимер унтизабулин, цере гӏадинал вакцинаби гьанже гьечӏин, медицинаялъул хӏалтӏухъабаз гьел жидеего гьаруларин абун. Гьел руго кьучӏ гьечӏел харбал. Вакцинаби цӏунизе цӏорорал камерабиги, цогидаб хӏажатаб техникаги буго республикаялда.\nАбула советияб заманалъул вакцинаби лъикӏал рукӏанин, гьанже лъикӏал гьечӏин. Гьеб пикруги мекъаб буго. Цебеялде дандеккун гьанже ругел вакцинаби гӏезегӏан лъикӏалги рацӏцӏадалги руго. Меседалде данде прививкаби гьаризеги хӏалтӏизабула кӏиго батӏияб вакцина – месед унтул бакъвараб (сухая) вакцина ва месед унтуде данде гьабулеб «чӏагояб» вакцина. Гьеб кӏиялъулго хӏакъалъулъ ва гьелда гъорлъ рукӏунел жалазул хӏакъалъулъ бокьарав чияс цӏализе бегьула Интернеталдасан. Чӏагоябин абулеб вакцинаги букӏуна гӏадамасе зарал гьабулареб хӏалалда загӏип гьабураб. Киналго вакцинабиги руго нилъерго улкаялда гьарурал.\nГӏемерисезда бичӏчӏулеб гьечӏо месед унтул инфекциялдаса хадур кколел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ. Гьел жиндир заманалда больницаялде ккани, сах гьаризе кӏола, амма рокъорги чӏун унти сах гьабизеян лъугьани, гьелъул жаваб тохтурзабаз\nкьоларо. Месед унтиги байбихьула ОРВИ яги ОРЗ (мегӏерччин, къватӏул унти) унтабазулго гӏадал гӏаламатаздалъун. Гьединлъидал, эбел-инсуца рокъорго сах гьарулелинги абун, лъимал жеги захӏматаб хӏалалде ккезарула.\nЦо-цояз абула жидер лъимер загӏипаб бугин, аллергия бугин, гьединлъидал прививкаби гьаризе инкарги гьабула. Нагагь лъимер унтун бугони, тохтурас жинцаго нахъбахъула прививка гьабиялъул заман, гьеб сахлъизегӏан. Киназдаго лъазе кколеб жо буго, загӏипал ва унтарал лъималазде месед унти бахани, гьеб цӏакъго захӏмалъула хӏехьезеги», — ян бицана Муслимат Хӏасановалъ.\nСахлъицӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъаналъ лъазабуна, захӏматал унтабаздаса цӏуниялъул «АКДС» прививка гьабичӏел лъималазде хӏалцен ва щокърол унти бахани, цӏакъго захӏмалъизе ва лъимер хвезецин бегьулин.\nПрививкабаз гьабизе бегьулеб заралалъул хӏакъалъулъ цӏехедал, Муслимат Хӏасановалъ абуна гӏадатияб аспириналъцин зарал гьабизе бегьулин. Амма прививка гьабичӏолъиялъ лъимаде месед бахани, унтуца гьабулеб зарал цӏакъго кӏудияб букӏунин, прививка гьабун хадуб ккезе бегьулеб\nзахӏмалъиялдаса. Прививкаби раккилалдего меседалъ унтарал гӏадамал беццлъулаан, гӏинкълъулаан.\nИсламияб медицинаялъул специалист Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас бицана инсанасул сахлъи цӏуниялъе гьабулеб дару исламалъ гьукъулареблъиялъул.\n«Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Нужедаго лъалеб батичӏони, лъалезда цӏехе», — ян («ал-Анбияъ» сурат, 7 аят). Гьаб суалалъулъги лъалеллъун ккола медицинаялъул хӏалтӏухъаби. Имам Нававиясги гьедин гьабулаан, гьесухъе медицинаялъул рахъалъ щиб бугониги цӏехон гӏадамал рачӏиндал. Тохтурзабаз, гӏадамал унтиялъе хӏинкъи бугин абулеб бугони, гьезухъ гӏенеккизе ккола. Гьединлъидал диналъ гьукъуларо инсанасул сахлъиялъе гӏоло гьабулеб тадбир. Щайгурелъул сахгьари суннат буго. Жиндирго сахлъиялъул тӏалаб гьабулаан свалат-салам лъеяв аварагасги ва цогидаздаги абулаан сахлъи цӏунейин.\nИсламалъ гьукъараб буго гъорлъ нажас бугеб жо хӏалтӏизабизе. Амма байбихьуда жиндир букӏараб формаги хисараб, жиндаса цогидаб жо лъугьинабураб дару яги прививка хӏалтӏизабизе гьукъараб гьечӏо. Гьелъ инсанасул сахлъи цӏунизе квербакъулеб бугелъул. Исламалда прививкабазги дарабазго гӏадинаб бакӏ ккола», — ян бицана Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4350-millatal-ul-g-ansito", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4350-millatal-ul-g-ansito", "title": "Миллаталъул гъансито", "date": "2019-04-29 10:25:12", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тӏобитӏана Рахьдал мацӏалъул фестиваль\nГьеб тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги учительница Халисат Гӏалиевалъги Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Къурбан Кӏулизановасги.\nРахьдал мацӏалъул байрамалда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул бухьеналъулгун информатизациялъул ва гӏаммал коммуникациязул министрасул заместитель Мухӏамадбег Ахӏмадовас, Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул нухмалъулев Ахӏмадпаша Амирилаевас, Краснооктябрьское росдал бегавул Шагӏбан Сагӏидовас, Гъизляр районалъул учительзабазул профсоюзалъул председатель Турсун Имартовас, тохтур Ахӏмад Саламовас, Гъизилюрталда бугеб ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУОялъул) рахьдал мацӏалъул методист Нуцалай Мирзабеговалъ ва цогидалги магӏарулаз. Гъизляралъул ракьалда гӏумру гьабулел магӏарулазухъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана шагӏирзаби Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиевги Умарагьи Салихӏоваги. Щвана гьенире «Хӏакъикъаталъул» къокъаги, Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиноваги, ГТРКялъул магӏарул редакциялъул мухбир Хатимат Мухӏамадоваги.\nФестивалалда жигараб гӏахьаллъи гьабуна Гъизляр районалъул киналго школазул магӏарул мацӏалъул учительзабазги цӏалдохъабазги. Гьел мухӏканго хӏадурлъун ругоан миллияб байрамалде. Ретӏараб парталги, цокӏалго бицунеб магӏарул мацӏги, сценаялдаса рихьизарулел миллиял хасияталги – киналъго нижее, Краснооктябрьское росдал гьоркьохъеб школалъул гьалбадерие, гьабуна кӏудияб асар. Школалъул музеялда къачӏан ругоан миллияб маданияталъул нахъраталил бокӏналги. Сценаялде иргадал рахъунел рукӏана батӏи-батӏиял школазул цӏалдохъаби. Цин кӏарчанго кечӏ ахӏун, цинги гӏажаибаб гугьаргун гьеб рикӏкӏун, цингиги кьурдун, лъималаз бихьизабуна магӏарул мацӏалъул берцинлъиги, гьелда загьир гьабулеб пикруялъул гъварилъиги, маданияталъулъ бессараб халкъалъул бечедаб тарихгун къуватги. Букӏинчӏо цониги хӏужа цӏалдохъабазда кочӏол мухъ къосун ккеялъул ялъуни гьаракь мекъи бахъиялъул. Хасаб рокьи гьел лъималаздехун гьулчун бачӏана гӏисинал, амма магӏна кӏудиял сценкаби хӏалеб мехалда! Унго-унгоял, ай театралияб искусствоялъе куцарал артистал кинигин, рагӏудалъунги гьурмал сипаталдалъунги, гьаркьил хаслъабаздалъунги гьез бихьизабулеб букӏана сценкаялда бицунелъул магӏна. Лъималаз рихьизаруна гьанжезаманалъул тӏекъал рахъал какулел, миллияб хаслъи цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ гъваридал пикраби гъорлъе рачарал гӏисиналго спектаклял.\nГъизляралъул ракьалда тӏобитӏараб Рахьдал мацӏалъул фестивалалъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицина «Хӏакъикъаталъул» иргадулаб номералда.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "4422-khalk-iyab-meditsina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4422-khalk-iyab-meditsina", "title": "Халкъияб медицина", "date": "2019-05-07 09:24:14", "categories": ["med"], "text": "Хурдузул тохтур\nДараби гьекъезе ккола лъиданиги лъаларедухъ, гурони гьез кумек гьабуларо\nФизкультурияб институт лъугӏун хадув, гӏолохъанав махщелчи хӏисабалда, Тӏагьир хӏалтӏизе витӏана ГЭСал ралеб гӏуцӏиялъул школалде. Гьений завучлъун хӏалтӏулей йикӏана Валентина Михайловнаги, Дагъистаналде хӏалтӏизе ячӏарай гӏурус мацӏалъул учительница.\n— Дица физкультураялъул дарсал кьеялдаго цадахъ бачунаан тӏадагьаб атлетикаялъул рахъалъ секцияги. Иргадулал къецазда нижер командаялъе щвана кӏиабилеб бакӏ. Багӏарараб къоги букӏун, нижеца хӏисаб гьабуна, тӏаде рачӏарал гьалбалги рачун ГЭСалъул хӏорихъе чвердезе ине. Диегоги цӏакъ бокьулаан лъедезе. Гьеб нухалда дун сири бан лъугьана ва лъабабилеб къоялъ радал дида тӏаде вахъинего кӏвечӏо…\n… Кӏикъойиде бахун бугин цӏа-каниланги абун, тохтурас дун больницаялде вачана. Цо-кӏиго моцӏидасан байбихьана гӏисинккун хъегӏизе. Тохтурзабаз хъварал дараби гьекъезе байбихьидал, аллергияги багъарана. Щибаб соналъ вегизе кколаан больницаялдаги. Гьединав учитель лъиеха вокьилев? Хӏатта цӏалдохъабаз дида лъун букӏана «Хъегӏело» абураб тӏокӏцӏарцин. Тренерасул хӏалтӏиги тезе ккана. Заманалдасан дача босана дица. Хьолбохъ бугеб дача букӏана «Эльтав» заводалъул хӏалтӏухъан Сиражудинил. Гьесул хъизан Написат дачаялде къанагӏат гурони ячӏунароан. Гьаб нухалда дачаялде щварав дида йихьана гьение ячӏарай Написат.\n— Йорчӏами, Написат! Сахлъи кин бугеб? Мун лъикӏ гьечӏилан абулаан Сиражудиница.\n— Лъикӏав мадугьал мун вукӏаравани, Тӏагьир, диде ваккизе вачӏинаан, Сиражудиница бицарабщиналдаги божун вукӏинчӏого, — ян махсара гьабуна гьелъ. — Жаниве вачӏа, Сиражудинги вугин гьанив гӏебедечӏван.\nДун Сиражудиница жиндаго аскӏов гӏодов чӏезавуна. Гьалъул-долъул бицана. Дица Написатида нахъеги цӏехана сахлъиялъул хӏакъалъулъ.\n— Цӏакъ лъикӏ йиго, Тӏагьир. Баркала Валентинае, гьелъ хвасар гьаюна дун, — ан абуна гьелъги.\n— Щий Валентина? Нижер школалда йигей Валентина гурони дида тӏокӏай Валентина лъаларо. Цӏияй тохтурищ ячӏун йигей?\n— Валлагь гуроха, Тӏагьир. Гьей йиго нужер школалъул завуч. Дир ракӏ унтараб букӏин чанго соналъ цебе чӏезабуна тохтурзабаз, — ан байбихьана Написатица. – Ахираб заманалда иш лъикӏ букӏинчӏо. Гьитӏинго росулъ гӏурай дида хур-хералда квалквадичӏого чӏезе кӏоларо. Гьелъ букӏана Сиражудиница босун гьаб бакӏги. Гӏодое къулизе, тӏаде йорхизе ккедал, бетӏер сверулаан. Дида руччабаз бицунеб рагӏана Валентинада хурдузул мацӏ лъалин абун. Дунги ана гьелъухъе ва гьалеха сах гьюна.\nДица гьелда цӏехана щиб даругӏаги гьелъ дуе гьабурабилан. Написатица гьадин бицана: «Рахьдал литралде гъорлъе рехула ункъо-щуго гожо ражидал. Лъеберго минуталъ белъинабула ражи рахьдалъ. Цинги, хинлъизегӏанги тун, катницаги цӏун, къойида жаниб кӏудияб гъуд цӏун, лъабго нухалъ гьекъола. Гьале ахираб лъабго моцӏалъ дица гьекъолеб букӏараб дару. Аллагьасе рецц, рекӏел унти тӏагӏана. Къула-йорхулелъул бетӏерги сверуларо, — ян.\nЦиндаго гӏисинккун хъегӏизе дун лъугьиндал, Написатица абуна Валентинал дача гьаниса гӏемер рикӏкӏад гьечӏин, гьелъухъе цадахъ рилълъинин. Гьелъухъе щведал, гӏодор чӏайилан нижедаги абун, гьей чай хӏадуризе жуяна. Гьекъолаго чайгун, дица гьелда бицана дирго гӏузруялъул.\n— Хъегӏиялда цадахъ тулеб жо букӏунищ? — ан цӏехана гьелъ. Букӏунарин дица абидал, гьелъ бицана жиндир кӏодоги кӏудиги рукӏанин хурдузул тохтурзаби ва гьездаса ругьунлъун ругин эбел-эменги.\n— Хъалиян тезе ккола, кӏолищ? Кӏолареб батани абе, гӏадада дун квалквадизе тӏамичӏого. Дица абураб къагӏидаялъ, жиндир заманалда, кьурал хурдузул дарабиги гьекъезе ккола. Лъиданиги цӏарги бахъуге, гурони даруялъ кумек гьабуларо.\nЛъикӏ бугиланги абун, байбихьана хурдузул дараби гьекъезе. Ункъабилеб къоялъ хъегӏиялда цадахъ твизе байбихьана ахтуги. Дица щибаб къойил бицунаан Валентинае ккарал хӏасилазул хӏакъалъулъги.\n— Гьуърузул мащабазда жаниб хьверд, цемент гӏадин бохьун букӏуна, — ян бицана гьелъ. — Хъалияналъул кӏкӏуйца гьеб щула гьабун гурони къватӏибе биччаларо. Къоркъотӏанхида цадахъ гьекъарал хурдуз, хьверд тамахлъизабула ва дагь-дагьккун къватӏибе кьабгӏула.\nГьедин ккезеги ккана. Цо моцӏидасан дир хъегӏиги къотӏана, гьуърулги рацӏцӏалъана.\n— Валентина кийха йигей, гьелъул хадусеб къисмат кинаб ккараб? – абун суал кьуна дица.\n— Пенсиялде индал, гьей ана жиндирго ватӏаналде — лъималазул рокъоса рачарал кӏияйго ясгун — Волгоград областалъул Михайловка шагьаралде. Хадусеб къисмат лъаларо.\nМухӏамад Къурбангӏалиев"}
{"slug": "4423-giolilazul-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4423-giolilazul-forum", "title": "Гӏолилазул форум", "date": "2019-05-07 09:27:13", "categories": ["lit"], "text": "Гӏолохъанлъи абула…\nИсана 13-абилеб нухалда тӏобитӏулеб буго студентазулгун дандчӏвай\nХунзахъ районалъул нухмалъулел иргадулаб нухалдаги дандчӏвана тахшагьаралъул вузазда цӏалулел ругел студенталгун ва гӏолилалгун. Гьудуллъиялъул рокъоре гӏолилазда жакъасеб гӏумруялъулги, цебе букӏаралъулги, гьезда церечӏарал кӏвар бугел ишазулги хӏакъалъулъ бицине рачӏаразда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик Шамил Гӏалиев, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор Сайгид Гӏалиев, ДГПУялъул профессор Султано Гӏумарова, батӏи-батӏиял соназ районалъе нухмалъи гьабурал Хӏажияв Дарбишев ва Мухӏамад Гӏисаев, гьабсагӏаталда районалъул бетӏерлъун вугев Нурмухӏамад Зайдиев ва цогидалги.\nГьудуллъиялъул рокъоб гӏуцӏун букӏана районалъул тарихалъул бицунел суратазул выставка. Гьенибго рагьун букӏана магӏарул майданги – квен-тӏехги, мугӏрузда свериги бахъун рачӏарал зурма-къалиги, гьезул бакъназухъе кьурдулел магӏарулалги, дагьабги добегӏан – наслабазул тӏей гьечӏеб бухьеналъул бицунеб сипат. Умумузул гӏумруялъул дарсазухъ гӏинтӏамурал гӏолилал рихьидал, цебечӏолеб букӏана магӏарул росдал годекӏан.\nФорум байбихьана Хунзахъ районалъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильмалдаса: республикаялда ва гьеб бахун къватӏирехунги машгьурал гӏалимзабиги, шагӏирзабиги, спортсменалги, Сарир пачалихъги, ханзабиги…\nГьелъухъ ралагьарал гӏолилазда бичӏчӏулеб букӏана жидеда церечӏарал масъалаби цӏакъго захӏматал рукӏин. Кидаго, сундулъго ва киса-кибего цебесеб кьерда букӏараб ва бугеб районалъул къадруги цӏарги дагьабги тӏадегӏанаблъун гьабизе тӏадаб бугелъулха жакъасел гӏолилазда.\nКӏалъазе рахъараз гӏолилазе гьаруна малъа-хъваял ва бицана, районалъул байрахъ борхалъиялдаго хутӏизе ккани, цӏалдезе, цӏалдезе ва нахъеги цӏалдезе кколеблъи…\nДандеруссиналда кӏодо гьаруна цӏалул отличникал ва спортсменал. Гьезие кьуна сайгъатал ва дипломал.\nГӏолилазда районалъул нухмалъиялъулгун букӏараб 13-абилеб дандчӏвай баркизе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул эстрадаялъул машгьурал кочӏохъабиги. Гьединго байрамалъе цо хасаб берцинлъи кьун букӏана районалъул культураялъул рукъалъул ва лъималазул искусствоялъул школазул гьунарчагӏаз.\nМагӏарухъа бачӏараб боркьараб саламлъун букӏана росдал годекӏанги, годекӏанир рижун рачӏунел гӏакъилал харбалги, харбазухъ гӏенеккарал гӏолилалги рихьизарураб инсценировкаги.\nЛъугӏана кӏудияб хьулгун ва божилъигун батӏияб, захӏматаб ва хӏалуцараб, дунялалде гӏолилал регӏулеб чӏахӏияб гӏелалъул иргадулаб данделъи.\nБиччанте гӏолилазеги гьеб дандеруссин чӏахӏияз кьураб гӏумруялъул иргадулаб дарслъун букӏине ва хутӏизе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4424-gudull-un-kkve-tiekh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4424-gudull-un-kkve-tiekh", "title": "Гьудуллъун ккве тӏехь", "date": "2019-05-07 09:34:03", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏадеялъул 120 сон тӏубала Дагъистаналда тӏоцебесеб библиотека рагьаралдаса\n1900 соналъул 9 маялда Порт-Петровск шагьаралда рагьана халкъияб гӏаммаб библиотека. Гьелъул хӏаракатчагӏилъун рукӏана шагьаралъул тӏахьал рокьулел, меценатал, пачаясул Россиялъул армиялъул офицерал. Гьез кьуна библиотекаялъе тӏахьалги. Байбихьуда гьениб букӏана азаргогӏан тӏехь. Гьелъул тӏоцевесев директорлъун вукӏана учитель, лъай тӏибитӏизабулев чи Георгий Мустанов. Библиотека рагьун букӏана Инженерияб къотӏноб бугеб минаялъуб (гьанжесеб Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб проспект). Дагъистаналда советияб власть бергьун хадуб, 1921 соналда, библиотекаялъе кьуна А. Пушкинил цӏар ва гьеб букӏана шагьаралъул библиотекалъун. 1940 соналда библиотека гьабуна республикаялъулаблъун. Библиотекаялъул фондал тӏаде цӏикӏкӏиндал, бакӏ гӏоларого букӏиналъ, хӏажаталлъун ккана гьелъие цӏияб, кӏудияб мина базе. 1997 соналда Ленинил цӏаралда бугеб къотӏноб цӏияб минаги бан, гьенибе бахъана библиотека ва гьеб гьабуна республикаялъул миллияб библиотекалъун. 2004 соналда гьелъие кьуна Р. Хӏамзатовасул цӏар.\nА. Пушкинил цӏаралда бугеб библиотека сверизабуна лъималазулгун гӏолилазул библиотекаялде, гьанже гьеб буго М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб къотӏноб.\nБиблиотекаялъул хӏалтӏул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна гьелъул директор Гӏали Гӏалиевасулгун.\n— Тӏадеялъул 120 сон тӏубала Махӏачхъалаялда тӏоцебесеб библиотека рагьаралдаса. Гьелщинал соназ чанго аза-азар цӏалдолес пайда босун батила библиотокеялъул тӏахьаздаса. Кигӏанасеб къадар тӏахьазул библиотекаялъул фондазда бугеб? Чан чи хӏалтӏулев вугев библиотекаялда?\n— Дагъистаналъул миллияб библиотека рикӏкӏуна Северияб Кавказалдаго тӏахьазул фондазул рахъалъ бищун кӏудияблъун ва бечедаблъун. Цогидаб литература, журналал, газетал рикӏкӏинчӏого, тӏахьазул фондалда буго миллионалде гӏагарун экземпляр. Библиотекаялда буго 24 отдел, хӏалтӏулев вуго 182 чи.\n— Нужехъе рачӏунел ратилаха пачалихъиял басмаханабазда къватӏире риччарал тӏахьал ва бюджеталда ругел газеталгун журналал. Махӏачхъалаялда ва республикаялъул цогидал шагьаразда рагьун руго жалго бетӏергьанал басмаханаби, гьенирги риччала тӏахьал, журналал, газетал. Гьезда тӏадаб бугищ библиотекаялде басмаби ритӏизе? Кин ва лъица гьезда хадуб халкколеб?\n— Республикаялъул хӏукуматалъ гьабураб хӏукмуялдалъун, пачалихъиял рукӏа, чияда рачӏел рукӏа, Дагъистаналъул ракьалда рахъарал газетазул кӏи-кӏи экземпляр, тӏахьазул лъаб-лъаб экземпляр миллияб библиотекаялде битӏизе ккола. Гьелда хадуб хъаравуллъи гьабула библиотекаялъул пачалихъияб библиографиялъул отделалъ. Гьез мониторинг гьабула киналго издательствабазул. Дагъистаналда хурхараб тӏехь кибниги, Россиялда ва улка бахун къватӏиб басмаялда бахъун бугин рагӏидал, гьеб тӏехь нижеца библиотекаялде бачӏинабула.\n— Гьанже Интернеталдасан, телевизоралдасан, хӏатта телефоналдасан цӏиял харбал, бокьараб цогидаб информация щолеб заманалда библиотекаялде рачӏун газеталгун тӏахьал цӏалулезул къадар дагьлъун батила?\n— Дица абиларо библиотекаялде рачӏунел гӏадамал дагьлъун ругилан. Чӏагояб тӏехь цӏалиялдаги Интернеталдасан цӏалиялдаги гьоркьоб цӏакъ кӏудияб батӏалъи бугелъулха. Нижеца хӏисаб гьабураб мехалъ, аслияб къагӏидаялда, библиотекаялде рачӏунел руго тӏадегӏанал ва гьоркьохъел цӏалул заведениязул студентал, гӏелмиял хӏалтӏухъаби, аспирантал ва 50-60 соназул ригьалда ругелги, гьездаса кӏудияб гӏелалъул гӏадатиял цӏалдолелги. Планалда рекъон, лъагӏалида жаниб нижеца хъулухъ гьабизе ккола къоло ункъазарго цӏалдолесе. Гьедигӏанал ва гьездаса цӏикӏкӏунги цӏалдолел библиотекаялде рачӏуна. Гьелде тӏадеги, библиотекаялде рачӏуна цӏибахъараб тӏехьалъул презентация гьабизе, машгьурал дагъистаниязул юбилеял, тӏоритӏула тарихиял ва гьанжесеб заманалъул кӏвар бугел лъугьа-бахъиназда бан дандеруссинал, выставкаби ва цогидалги тадбирал. Палхӏасил, миллияб библиотека лъугьун буго республикаялъул тахшагьаралъул маданияталъул ва адабияталъул тадбирал тӏоритӏулеб гъанситолъунги.\n— Цӏакъго цересел, къанагӏатал тӏахьал гӏемер ругищ библиотекаялда. Армениялъул, Грузиялъул пачалихъиял библиотекабазда руго 600-700 соналъ ва жеги цере риччарал тӏахьал, манускриптал. Мисалалъе, эрмениязул Матенадаран библиотекаялда V гӏасруялъ хъварал хъвай-хъвагӏаялцин цӏунун руго.\n— Нилъер гьанибги букӏун буго хъвай-хъвагӏай Албания абураб Дагъистанги Северияб Азербайжанги гьоркьобе бачараб некӏсияб пачалихъ бугеб мехалда. Амма гӏасрабазул свералабазда, даим рагъ-кьалалда гьоркьобе кколеб букӏараб Дагъистаналда доб хъвай-хъвагӏай цӏунун хутӏичӏо, жибго Албания пачалихъги биххана, хъвай-хъвагӏайги тӏагӏана. Кӏиабизе, нилъер халкъалъ гӏумру гьабулеб букӏараб бакӏалда Дагъистанин абун географиялъул рахъалъ цо бакӏ букӏун гурого, политикияб рахъалъ цокӏалаб, цогояб нухмалъи бугеб бакӏ букӏинчӏо. Гьелъ цӏунун хутӏичӏо некӏсиял, албаназул заманалъул хъвай-хъвагӏаял. Батӏияб жо буго Кавказалде, Дагъистаналде ислам-дин бачӏараб мех. Гӏарабалъ, гӏажамалъ хъвай-цӏали тӏибитӏизе лъугьараб мехалъ щибаб росулъ гӏелму-лъаялда хадуб чӏарал чагӏазул рокъор рукӏана библиотекаби. Гӏагараб Бакъбаккул улкабазде ун гьенисан росун, катибаца квералъ хъван данде гьарурал батӏи-батӏиял гӏелмабазул, тарихалъул, адабияталъул ва маданияталъул тӏахьал тӏагӏинаруна лъеберабилел соназда тӏаде бачӏараб цӏияб власталъул гӏуцӏиялъ. Цо-цо цӏодорал, гӏужда рекӏеда ратарал чагӏаз цересел, гӏарабалъ ва гӏажамалъ хъварал тӏахьал рахчун цӏунана. Хадубккун библиотекабаздеги гьел кьечӏо. Гӏицӏго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел ва хадусел соназда СССРалъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул гӏалимзабаз байбихьана росабалъе хьвадун цересел тӏахьал, хъвай-хъвагӏаял ракӏаризе. Гьел цӏунун руго Дагъистаналъул гӏелмияб централда.\nНижер библиотекаялда бищун цереселлъун руго ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда гӏурус мацӏалда рахъарал тӏахьал. Гьединал тӏахьазул нижер фондазда буго анкьазарго тӏехь. Гьездаса микьго тӏехь босун буго Россиялъул цӏакъго къиматал тӏахьазул реестралде.\nМиллияб библиотекаялда руго 1922 соналдаса нахъе Дагъистаналда къватӏире риччарал тӏахьал, газетал ва журналал.\n— Газета, тӏехь, кагъат заманалдаса басралъула, загӏиплъула, хола гьелъул даража. Гьанже рес буго гьел оцифровать гьаризе, ай электронияб варианталда лъезе. Гьеб рахъалъ нужеца щиб гьабулеб бугеб?\n— Нижеца библиотекаялъе тӏалаб гьабуна оцифровать гьабулеб кӏиго аппарат ва байбихьана гьеб хӏалтӏи гьабизе. Гьеб буго цӏакъ захӏматаб, заман тӏад унеб хӏалтӏи. Жакъа къоялде оцифровать гьабун лъугӏана ункъо фонд.\nНижер буго хасаб сайтги, гӏурус мацӏалда гуребги, гьелда материалал лъун руго Дагъистаналъул аслиял миллиял мацӏаздаги.\n— Дагъистаналъул шагьараздагун районазда ругел муниципалиял библиотекабазулгун гьоркьоблъи кинаб бугеб? Россиялъул регионазул библиотекабазулгун бухьен бугебищ?\n— Республикаялъул муниципалиял библиотекабазулгун цадахъ нижеца гӏуцӏун буго библиотекабазул совет. Тартибалда тӏоритӏула методикиял, малъа-хъваялъулал семинарал, цоцазе гӏахьал гьарула хӏалбихьиял, дандрала ругел масъалаби.\nНижер бухьенал руго Северияб Кавказалъул регионазул, РФялъул миллияб, Санкт-Петербургалъул, къватӏисел пачалихъазул литератураялъул библиотекабазулгун.\n— Мисалалъе, Москваялда къватӏибе биччараб тӏехь нужер цӏалдолес тӏалаб гьабуни, фондалда гьебги гьечӏони…?\n— Москваялдаса гуребги, Россиялъул бокьараб регионалдаса нижеца бачӏинабула тӏалаб гьабулеб тӏехьалъул электронияб вариант ва цӏалдолесе рес буго нижер компьютералдасан тӏехь цӏализе. Цӏалдолезул гьединал мурадал тӏураялъе библиотекаялда буго лъебералда микьго компьютер. Флешкаялда бахъун ва цогидаб къагӏидаялъ копия бахъизе нижеца изну кьоларо. Библиотекаялда гьелъие гӏуцӏун буго хасаб отделги.\nДагьал рукӏунаро, хасго гӏалимзабазда гьоркьор, Англиялда, Америкаялда, Турциялда ва цогидалги улкабазда къватӏире рачӏарал тӏахьал цӏехон рачӏунел гӏелмиял хӏалтӏухъаби.\nМоскваялъул, Санкт-Петербургалъул нижергун бухьен бугел библиотекабаздаса гьел пачалихъазул библиотекабазде заказги гьабун хӏажатаб тӏехь нижехъе бачӏинабула.\nГара-чӏвари гьабуна\nПайзула Пайзулаевас."}
{"slug": "4425-meter-magiarul-matsi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4425-meter-magiarul-matsi", "title": "Метер магӏарул мацӏ…", "date": "2019-05-07 09:38:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏарамагъадисеб ракьги ярагъги\n25 апрелалда Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тӏобитӏана Магӏарул мацӏалъул фестиваль\nГьелда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана Гъизляр районалъул нухмалъулел идарабазда хӏалтӏулел магӏарулалги, росабазул школазул цӏалдохъабигун учительзабиги, республикаялъул СМИязул журналисталги, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимзабиги. Тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул рахьдал мацӏалъул учительница Халисат Гӏалиевалъги ДРялъул мустахӏикъав артист Къурбан Кӏулизановасги.\nКраснооктябрьское росулъ букӏараб тадбиралъул гӏахьалчагӏаз абулеб букӏана гьадин: магӏарул мацӏ буго халкъалъул хазина, миллат гъункизабулеб сину, тарихгун маданияталъул гъансито, гьединлъидал гьеб нилъее, магӏарулазе, буго къиматаб жавгьарлъун, ва ниж киналго хӏадурал руго гьеб цӏунизеги цебетӏезабизе.\nРахьдал мацӏалъулги адабияталъулги тадбирал гӏемер гӏуцӏана. Гӏуцӏана гьел батӏи-батӏиял районазда, ай гӏицӏго магӏарулаз гӏумру гьабулел бакӏазда. Гьезул аслиял гӏахьалчагӏиги кколаан цӏалдохъабиги учительзабиги. Районалъул нухмалъиялъул вакилас яги росдал бегавулас къанагӏат гурони гьабулароан гьелда гӏахьаллъи. Ракӏ гӏодулеб хӏал батулаан бакӏалъул нухмалъиялъ кӏваркьечӏого тарал школазда рахьдал мацӏ малъиялъул.\nКраснооктябрьское росулъ анлъго соналъ цебе рагьана цӏияб школа. Гьелъие кьун буго Расул Хӏамзатовасул цӏар. Гьеб цӏаралъе мустахӏикъаб коллектив хӏалтӏулебги буго школалда. Гьезул хӏакъалъулъ гьадин бицана школалъул директор Хӏажимурад Исмагӏиловас: «Школа бана 2013 соналда. Нижеца гьарана гьелъие Расул Хӏамзатовасул цӏар кьезе ихтияр. Гьелъул мурадалда ун рукӏана Расулил ирсилазухъе ва гьез нижеда абуна, цӏаралъе мустахӏикъал цӏалдохъабиги рукӏине ккела гьанирин абун. Нижер буго цӏакъаб коллектив, гъункараб, гьабулеб ишалъе ритӏухъаб. Ниж рохарал ва чӏухӏарал руго кӏудияв шагӏирасул цӏаралда бугеб школалда хӏалтӏизе щвеялдаса.\nФестиваль тӏобитӏизе пикру ккана Гӏандадерил хӏорихъ гӏуцӏун букӏараб Магӏарул мацӏалъул фестивалалда рукӏаго. Гьеб гӏумруялде бахъинабун бажарана гьанже. Баркала нижехъе рачӏарал гьалбадерие», — ян.\nУмумузул гӏадат, гӏелалъ гӏелалъухъе кьун, цӏунула магӏарулаз\nМалая Орешевка росдал гьоркьохъеб школалъул директор, Дагъистаналъул мустахӏикъав учитель, РФялъул лъайкьеялъул отличник Канзула Нухӏбегов: «Жакъасеб мажлисалъул аслияб мурад буго гӏатӏиракьалда гӏумру гьабун ругел магӏарулазул лъималазда гуребги, гьезул улбуздаги ва тӏолабго Дагъистаналдаги бичӏчӏизаби ва бихьизаби рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги учительзабазулги, школазул директорзабазулги, районалъул нухмалъулезулги миллаталъул адабияталдеги маданияталдеги бугеб бербалагьи.\nНижер ахӏиги къабул гьабун, гьоболлъухъе рачӏун руго магӏарул мацӏги цӏарги цӏуниялъул мурадалда гьарулел ишазул бахӏарзал. Гьел ккола шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, гӏалимзабиги, журналисталги. Мацӏ цӏуниялъулги гӏун бачӏунеб гӏелалда гьелъул берцинлъиги, тӏокӏлъиги, хаслъиги бичӏчӏизабиялъул мурадалда гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккола жакъа поэтазги, мугӏалимзабазги, миллиял газетазулгун журналазул редакторазги, телевидениялъги.\nГьеб унтуе дару-сабаб балагьулаго гӏуцӏулел гьал дандеруссиналги мажлисалги кколаро бигьаяб хӏалтӏи. Гьеб хӏалтӏи цӏакъ камилго нухда бачунеб буго Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ.\nАхирал соназда гьадинаб хашаб, тӏаса-масагояб бербалагьи букӏиналъ тӏамулел руго нилъ гьадинал тадбиралги мажлисалги тӏоритӏизе. Абизе бегьула, гьабсагӏат бачӏун бугин халкъалъ жиндирго маданияталъулги мацӏалъулги хӏурмат тараб заманилан. Гӏурусазул поэт Ярослав Смеляковас абун буго, мацӏ бугин аскаралъ тушманасухъе тӏарамагъада кьолеб ракьги, ярагъги, гьеб кьун хадуб, нахъе къазе тӏокӏаб бакӏ букӏунарилан абун.\nРахьдал мацӏ ккола щивав инсанасул гӏумруги, гӏамалги, гӏадатги, рукӏа-рахъинги борцунеб роцен. Рахьдал мацӏалда гурищ нилъер щивас бабаянги дадаянги абураб, гьеб мацӏалда гурищ улбуз нилъер мугӏрузулги гӏагараб ракьалъул къисматгун тарихги нилъеда малъараб.\nЦо-цо цӏалдохъабазул эбел-эмен рачӏуна, жидер лъималазе магӏарул мацӏ хӏажат гьечӏин, гьел дарсаздаса эркен гьареян, ЕГЭ ва ОГЭ кьезеги гьеб къваригӏунарин абун. Гьединаб гурого бичӏчӏи гьечӏел эбел-инсуца жидерго лъимал махӏрум гьарулел руго миллияб рухӏияб хазина-бечелъиялдасаги тарихалдасаги. Гьезие асарго гьабуларо магӏарул адабияталъул кочӏол мухъазги кицабазгун абиязги; гьел кинго кантӏуларо. Кинго бичӏчӏуларо, магӏарул рос-лъадуца жидерго гъасда цоцадаги лъималаздаги, нилъерабгоги тун, чидар, гӏурус мацӏалда кӏалъай. Гьеб гурищ балугълъиялде вахарав чиясул жагьиллъиги рухӏияб хъарцинлъиги?! Мацӏ кӏочани, миллат тӏагӏуна. Мацӏгун цадахъ тӏагӏуна кинабго – рухӏияб бечелъи, тарих, адабият, маданият. Мацӏ буго Аллагьас нилъее кьураб кӏудияб бечелъи, кӏудияб рахӏмат. Мацӏ кӏочарав чи релълъуна бесдаласда. Нилъер умумуз абулаан борхьилги мацӏ лъазе кколин абун.\nЖакъа магӏарул мацӏалъул учительзабазул гӏемерисез митингаздаги, социалиял гьиназдасанги, вацапалдасанги, Интернеталъул сайтаздасанги ахӏи балеб буго, умумузул мацӏ тӏагӏине биччагеян, гьеб цӏунеян абун. Нилъ миллатчагӏи гуро, амма тарихалъул гъварилъуде раккани, нилъер умумул рукӏана гӏакълуги камилал, яхӏ-намусалъул рахъалъ цогидал миллатазе мисаллъун рукӏарал чагӏи. Нилъер миллаталъ гурищ берцинги гвангъизеги гьабун букӏараб Дагъистаналъул тарих?! Дуниялго хӏайран гьабурал диниял гӏалимзабиги, гӏакъилзабиги, шайихзабиги, космонавталги, шагӏирзабиги, речӏчӏухъабиги нилъер миллаталъул гурищ рукӏарал ва гьабсагӏатги ругел?!\nГьанже мацӏги, цӏарги, гӏадатги кӏочон, нилъер наслуялъищ гьеб чорокаб тӏанкӏ лъелеб? Гьединищ малъараб, хвалда цебе амруги васиятги гьабун букӏараб нилъер кӏудияб гӏелалъ? Гьаб нилъее киназего гӏаммаб, киназдаго бичӏчӏулеб мацӏалъги, гьудуллъиялъги, гьоболлъиялъги, вацлъиялъги гурищ нилъер миллат цолъизабун букӏараб?\nДица щивав учителасул борчлъун рикӏкӏуна, миллаталъеги мацӏалъеги гӏоло гьабулеб хӏаракаталъул нилъер бугебщинаб хӏалбихьи цоцазухъеги кьун, ракӏунтун хӏалтӏи», — ян.\nГъизляр районалъул депутатазул собраниялъул председатель Ахӏмадпаша Амирилаев: «Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее къиматаб сайгъатлъун гьабураб рахьдал мацӏ нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъ кӏоченабулеб буго. Гьеб ккола нилъ киналго цадахъ рахъине ккеялъе аслияб гӏилла. Нилъер щивасул руго абадияб дунялалде арал умумулги гӏагарал чагӏиги. Заман щвараб мехалда, гьезул зонохъеги ун, дугӏа-гьари гьабула нилъеца. Гьебги гьабула щивас жиндирго рахьдал мацӏалда. Дие бокьун гьечӏо, чамалиго соналдасан дунги хун, дир зонохъе рачӏарал дир лъималазги гьезул лъималазги «Прости, дедушкаян» абизе. Гьеб букӏине буго жакъа нилъеца кӏваркьунгутӏиялъул хӏасил. Гӏурус мацӏалда кӏалъазе бигьалъула, гьеб буго пачалихъияб мацӏ. Гьеб лъачӏогоги хутӏиларо. Амма нилъерго гъасда рахьдал мацӏ нилъеца бицинчӏого тани, гьеб лъазе гьечӏо нилъер наслуялдаги. Лъималазул лъималазда гьеб тӏубанго кӏочон тезе буго. Нилъер мацӏ буго бихьинчилъиги, къадруги, къиматги гъорлъ бессараб жавгьар. Гьеб тӏагӏине тани, тӏагӏине буго нилъер умумуз, биги гӏодоб тӏун, ватӏан цӏуниялъул тарих – мацӏ кколелъулха халкъалъул рукӏа-рахъинги маданиятгун тарихги жанибе бачараб ва гьеб цӏунулеб алат. Мацӏалъул байрахъ чӏухӏун борхизабизеги борхалъуда парпадизабизеги тӏадаб буго нилъеда! Аллагьас гьеб ишалда тавпикъ кьеги нилъее киназего».\nРФялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камалов: «Гӏемерал данделъабазда гӏахьаллъана дун. Дагьалъ цеве вукӏана Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалда. Кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун чиясда гьоркьоса 30 процент рукӏана дагъистаниял. Гьенибги бицунеб букӏана нилъерго мацӏги, маданиятги, тарихги цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьеб гӏемер бицунеб буго. Гьадинал мажлисалде унеб мехалда ургъел букӏуна, киндай гьаб тӏобитӏилебан абун. Жакъа лъималаз бихьизабураб гьунаралдаса разиго хутӏана дун, гьелъ дир ракӏчӏезабуна миллаталъул мацӏ цӏунун хутӏиялде.\nЖакъа гьанир церерахъарал лъималаз, кечӏ рикӏкӏунаго ва ахӏулаго, кьурдулаго, сценкаялда роль хӏалаго, кинабго гьабулеб букӏана ракӏ-ракӏалъ. Гьеб буго учительзабазул хӏалтӏул хӏасил. Баркала буго нужее киназего гьелъухъ! Нужее гӏезегӏан захӏмат буго хӏалтӏизе: цин магӏарухъа Чачаналъе гочинарун, хадуб гьениса Дагъистаналде рахъинарун, батӏияб ракьалда цӏидасан минаби разеги ккун, магӏишат гӏуцӏулеб заманалда рахьдал мацӏ миллаталъул бечелъиги цӏунизе бажари гӏуна нужер. Черх загӏиплъараб мехалда тохтурасухъе уна нилъ. Гьедин загӏиплъун ва тохтурасул кверщаликье ккун буго миллияб мацӏалъул къисмат. Гьеб къисмат пашманабищ букӏинеб яги киналго рохараб хӏалалдейищ ккелеб – гьеб иш бараб буго районазул бутӏрузда, росабазул бегавулзабазда, школалъул ва лъайкьеялъул управлениязул нухмалъиялда. Хьулги буго, гьезда гьелъул магӏнаги бичӏчӏун, гьелде бербалагьи хисиялде».\nАхӏмад Саламов: «Жакъа лъималазул церерахъиналда бащалъулеб цониги концерт бихьичӏо дир гӏумруялда. Гьезда цадахъго кьурдулел рукӏана залалда гӏодов чӏарав дирги лугбал! Баркала лъималазе гьелъухъ!\nЖакъа къоялъул масъалаби гъорлъ рессарал сценкаби рихьизаруна цӏалдохъабаз гьанир. Пуланав чиясухъе, гьесул яс гьаризе, вачӏун вуго цо гӏолохъанчи. Инсуца абун буго, смартфоналдаса гьелъул кверал ратӏагьарун духъа бажарани, хъалимцин кьечӏого, яче гьейян абун. Гьединаб заманалда цӏалдохъаби магӏарул мацӏалъул бечелъиялдеги миллаталъул маданияб ирсалдеги руссинарун бажарарал учительзабазе кӏудияб баркала буго».\nЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУО) методист Нуцалай Мирзабеговалъ загьир гьабуна, цогояб иш рекӏее къабуллъарал гӏадамал цолъараб мехалда, нилъехъа бокьараб хӏалтӏи гьабун бажарулин абураб пикру. «Росдалги районалъулги нухмалъулезул лъикӏаб бербалагьи букӏинчӏебани, жакъа гьадигӏан берцинго гьаб тадбир нухда бачун бажарилароан. Гьединаллъун рукӏинчӏелани магӏарул мацӏалъул учительзаби, Ассоциациялда сверухъ гъункун гьезухъаги бажарилароан. Миллаталъе мацӏги гӏамалги цӏуни аслияб мурадлъун букӏинчӏебани, ай жиндирго хасал пикрабазе гӏоло Баху цее яхъун йикӏарайани, гьелда хадурги рахъинароан учительзабиги, гьелъул рахъкквелароан гӏалимзабазги миллаталъул къадруял вакилзабазги».\nКраснооктябрьское росдал бегавул Сагӏид Шагӏбанов: «19 батӏияб миллаталъ гӏумру гьабула гьаниб. Дунялалдаго машгьурав Расулил цӏар кьураб школалда гьабулеб гьаб иш хъулухъчагӏазе хӏисабкьеялъул мурадалда гьабураб батани, гьелъухъ нагӏана щола. Амма суал буго: магӏарул миллаталъул бихьинал тӏагӏунищ ругел, гьаб кӏудияб иш руччабазул гъуждузде бегизабизе ккани? Гьелда тӏад ургъизе ккела. Тӏубаларо иш, гӏицӏго учительзабазул цӏобакье мацӏ цӏуниялъул иш хъущтӏизабун чӏаниги. Яхӏ бахъизе ккола щибаб хъизамалда рахьдал мацӏалда кӏалъазе».\nГъизляр районалъул учительзабазул профсоюзалъул председатель Турсун Имратов: «Рахьдал мацӏалъул кӏваралъул багьа борцун бажаруларо. Миллаталъул мацӏалда кӏалъала эбел жиндир лъимералда, лъимадулги тӏоцересел рагӏаби рукӏуна рахьдал мацӏалда. Рахьдал мацӏ цӏуниялъулъ кӏудияб бутӏа ккола учительзабаз. Республикаялъул лъайкьеялъул министрлъун дун вукӏаравани, дица ургъилаан рахьдал мацӏалъул учителасе хасаб шапакъат. Гьесул хӏаракаталда бараб буго гӏолеб гӏелалъул тарбияги гӏадамазда гьоркьоб хьвада-чӏвадиги, ватӏан бокьигун гьеб цӏунизе бижулеб къуватги. Рахьдал мацӏ цӏуниялъе гьабулеб хӏаракаталъухъ гьединаб шапакъат букӏине ккола!\nЖакъа гьаниб кьуна рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏаб дарс. Бищун лъикӏаб дарс! Биччанте гьеб букӏине цогидал мацӏазул учительзабазеги мисалияб дарслъун. Къваригӏун буго тӏолалго Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул фестиваль – цо къоялъ гуреб, тӏубараб анкьалъго».\nМагӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул рахъалдаса Гъизляр районалъул росабазул школазул учительзабазеги директоразеги шапакъатал кьуна Баху Мухӏидиновалъ, районалъул администрациялъул рахъалдаса – Ахӏмадпаша Амирилиевас. Сайгъатал кьуна «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул рахъалдасаги цӏалдохъабазеги учительзабазеги. Фестивалалъул гӏуцӏарухъабазе баркалаги кьун, школазе тӏахьал сайгъат гьаруна ДНЦялъул ИЯЛИЯлъул гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевасги. Жидерго кучӏдул цӏалана тадбиралде рачӏарал шагӏирзаби Умарагьи Салихӏовалъги, Садрудин Шидибскиясги, Тӏагьират Гӏалиевалъги, Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиевасги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "4426-milliyab-bechel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4426-milliyab-bechel-i", "title": "Миллияб бечелъи", "date": "2019-05-07 09:42:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъул мацӏазул квацӏи\n26 апрелалда Махӏачхъала шагьаралъул №58 школалда тӏобитӏана «Анищазул ва кочӏол куркьбазда» абураб Дагъистаналъул халкъазул фестиваль\nМиллиял гӏадатазул тӏогьазухъе\nДун йикӏана бищунго цееккун ятилин, амма ичӏго тӏубалалдего, гьение щварай дун пана гьаюна, кьабун гӏадамаз цӏураб школалъул азбар бихьидал. Ахӏулел кучӏдулги, сверухълъиялдего гӏажаибго берцинаб тӏагӏам кьурал миллиял нигӏматазул махӏалги, миллияб ратӏлилъ свери бахъулел гӏолилалги — гьеб киналъго хӏикматаб асар гьабулеб букӏана рекӏее.\nБайрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана шагьаралъул школазул учительзаби, тахшагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул Гӏ. Тахо-Годил цӏарал бугеб педагогикаялъул институталъул хӏалтӏухъаби, журналистал, шагӏирзаби, цӏалдохъаби ва гьезул улбул ва цогидалги миллияб маданияталъулги мацӏазулги ургъел бугел дагъистаниял.\nДагъистаналъул халкъазул бахӏарчилъиги багьадурлъиги цӏунун бажарулел ирсилал ругин жалин бицунеб букӏана жидерго церерахъиналда Асхӏабгӏали Хӏасановас куцалел ругел палугьабазул къокъаялъ. Кварида гьез рихьизарурал миллиял кьурдабаз асар гьабичӏев чи хутӏичӏо байрамалда.\nШагьаралъул батӏи-батӏиял школазул цӏалдохъабаз рикӏкӏунел кучӏдузги миллиял бакъназда ахӏулел сариназги гӏажаибаб сири базабулеб асар букӏана гӏенеккаразе.\nНилъер гӏумруялъул аслулъун ккола хъизан. Талихӏаб хъизамалъул талихӏаб гъасда бакараб цӏадул кунчӏи гвангъараб бугони, гвангъула нилъер гӏумруги. Щибаб миллаталъул букӏуна хъизан гӏуцӏиялъул жиндиего хасиятал гӏадаталги. №58 школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективаз бихьизабуна бертадул гӏадат.\nФестивалалъул гӏахьалчагӏазул гьурмазда разилъиялъул ва аваданлъиялъул нур рещтӏинабуна чолгьакида байрамалде рачӏарал бахӏараз. Щибаб миллаталъ ахӏана бахӏаразе талихӏ гьарарал кучӏдулги, рихьизаруна, бертин гьабулелъул, тӏоритӏулел талихӏалъул цо-цо лахӏзаталги, кинаб бертинха букӏинеб кьурди-хъат гьечӏони. Зурмаги къвакъвадана, къалиги ахӏдана. Киназго абулеб букӏана цере росабалъ гьарулел рукӏарал бертаби ракӏалдещванилан. Магӏарулал «берталъе», куйги бачун, рачӏун рукӏана.\nМиллияб кванил тӏагӏамги…\nШколалъул жанахӏалъуб рагьун рукӏана щибаб миллаталъул кванил майданал. Киналъулго хӏалбихьана. Гьале магӏарул кванил майданги нигӏматазул лазатаб тӏагӏамги. Гьеб киналдаго берчӏвайдал, жиндирго рекӏее гьабураб асаралъул бицана Фестивалалъул гьобол, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас.\n— «Лъинча» (рододе тӏех щван, умумузул гьабулеб букӏараб гьекъолеб жо) бихьидал, дида цебечӏана мунагьал чураяй эбелалъул сипат. Гьелъ гӏемер гьабулаан гьеб тӏагӏам. Ракӏалдещвана лъимерлъиги, эбелгун цадахъ хуриве-хариниве унев вукӏараб гӏанчӏаб заманги, гӏагараб росуги, росдал гӏадамалги.\nГьединго гьалбадерица хӏалбихьана тӏохолги тӏидулги «къакъуцӏазулги», куракул ва тӏидул карщазулги, магӏарул мохмохалъулги, мугьалъулги, цӏурачадазулги, цӏурабакьалъулги. Магӏарухъе щвараб гӏадин кколеб букӏана, гьенибго гӏуцӏараб умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал тӏагӏалаби рихьидалги.\nКъо-мех лъикӏ, фестиваль\nБайрамалде рачӏаразе баркала загьир гьабуна школалъул директор Шаганэ Бекмурзаевалъ.\nГьединал тадбиразул гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ миллаталдеги, гӏадатаздеги, мацӏалдеги рокьи куцаялъе бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ бицана Гӏали Камаловас ва цогидалги кӏалъазе рахъараз.\nЛъугӏана фестиваль. Гьелъулгун къо-мехлъикӏ гьабулелъул, гӏаламалдаго, хасго миллиял мацӏазда ва гӏадатазда туманкӏ речӏчӏулезда, рагӏулеб хӏалалъ ахӏизе бокьун буго:\n— Лъида кӏвезе бугеб гьадинаб берцинлъи нилъехъа бахъизе, — йилан.\nБайрамалда нур базабурал, майилан щивав магӏаруласухъе миллиял гӏадатазул берцинлъи кьурал школалъул учительзаби Муслимат Жамалудинова, Анисат Хӏажиева, Салихӏат Мухӏамадова, Жавгьарат Патахӏова, Загьидат Гӏабдулвахӏидова гӏадазухъ миллаталъул букӏинеселъул кӏул кодоб бугони, Дагъистаналъул миллаталъул мацӏазул квацӏи бечӏазе гьечӏо.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4505-l-abnusgoyazul-tsoyav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4505-l-abnusgoyazul-tsoyav", "title": "Лъабнусгоязул цояв", "date": "2019-05-14 11:04:02", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Рохелги пашманлъиги цадахъаб байрамалда дандчӏвай гьабизе буго аваданго, бадиб магӏугун\nСугъралъ росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ана 300-гӏанасев чи. Гьезул бащдал гурони нахъги руссинчӏо. Гьабсагӏаталда нилъгун хутӏун вуго 94 сонил ригьалде вахарав Хӏажи Гӏинчилов. Гьев, гӏарзаги кьун, ана рагъде ва тӏадги вуссана 1946 соналда. Хӏалтӏана жанисел ишазул органазда, прокуратураялда, батӏи-батӏиял магӏишатиял идарабазда. 1971-1985 соназда вукӏана Гъуниб райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун. Пенсиялде аралдаса гӏемерал соназ гьабуна Росдал магӏишаталъул министерствоялъул Ветераназул советалъул председателасул хӏалтӏи.\nГьал къоязда дун дандчӏвана Хӏажигун.\n— Хӏажи, 94 сонил ригьалде вахун вуго мун. Сунда тӏад ургъизе тӏамулев гьеб тарихалъ?\n— Гьеб буго кӏудияб тарих, рана гьелщинал сонал, дир кьерилазул хутӏарав чиги гӏемер гьечӏо. Нилъер гӏумру цо бакӏалда чӏун букӏунаро, цоял уна, цогидал рачӏуна, сундулго буго нух. Нахъе тараб тана, гьелъул хӏисаб гьабун гурони ургъел гьабун ккезе жоги букӏунаро. Ургъел букӏуна букӏинеселъул – щибдай-киндай ккелаян абун. Цо чиясда бихьизе гӏураб дидаги бихьана ва дида бихьараб (рагъ) бихьугеги хадусел гӏелазда.\n— Дуца 15 соналъ гьабуна райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарасул хъулухъ. Абула мун вукӏанин кьварараб хасияталъул, киназдасаго щулияб гӏадлу-низам тӏалаб гьабулев нухмалъулевин абун. Битӏун бугищ гьеб?\n— Буго. Букӏине кколеб низамги чӏезабичӏеб, гӏадлуги гьечӏеб бакӏалда хӏалтӏи лъугьунаро. Хӏаким кьвараравги, ритӏухъавги, гӏадамазул унти-ургъел бичӏчӏулевги гьечӏони, хӏалтӏул хӏасил букӏунаро. Дицаго мисал бихьизабичӏони, кинха гьеб цогидаздаса тӏалабги гьабилеб? Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, дица байбихьана дидасаго тӏалаб гьабизе ва цинги цогидаздасаги. Хӏалтӏуде щолаан сагӏаталъ цеве, хӏалтӏул къо лъугӏун хадуб лъабго-ункъо сагӏаталдасан гурони рокъовеги унароан. Дица чӏезабичӏо гӏадамал къабул гьарулеб къо ва сагӏат, хӏажалъи ккедал дихъе, хасго росабалъа гӏадамал, рачӏине бегьулаан заман цӏехечӏого.\n— Лъиениги балъголъи гуро ришватал роси гьаб заманалда цӏакъго тӏибитӏараб, кибго дандчӏвалеб хӏужа букӏин. Доб мехалъ кинаб ахӏвал-хӏал букӏараб? Дуе ришват кьолев чиго кколаанищ?\n— Хӏинкъиялъги, дир гьелдехун бугеб бербалагьи лъаялъги ришватгун цониги чи дида аскӏове киданиги вачӏинчӏо. Дица байбихьудасаго лъазабунги букӏана, лъицаниги ришват босанин ялъуни кьунин абураб хабар рагӏун хадуб, гьединав хъулухъчи хӏалтӏудаса вахъизе вугин. Гьеб чорокаб пишаялда данде нижеца балаан кутакаб рагъ. Гьелдаго цадахъ, ришватал кьеялъул хӏужаби доб мехалъги цо-цо дандчӏвалел рукӏун ратаниги, гьабсагӏаталда гӏадинаб хӏал букӏинчӏо.\n— Доб заманалдаги гьабсагӏаталдаги ругел нухмалъулезул хӏалтӏул къагӏидабазда гьоркьоб кӏудияб батӏалъи бихьулищ дуда?\n— Цӏакъго кӏудияб. Цӏаялъулги лъелги гӏадинаб хӏал бугин абуни, мекъи ккеларо. Доб мехалда кӏудияб кӏвар кьолаан гӏодосанго кадраби куцаялде, тарбия кьеялде. Хӏалтӏуде тӏамулаан хӏалбихьиги, лъайги, гӏадамазда гьоркьоб къадруги бугев, тӏаде босараб хӏалтӏул жавабги кьун бажарулев чи. Киназдаго лъалаан нухмалъиялде мун тӏамураб идараялъул хӏалтӏул даража борхизабун гурони гӏодобе ккезе тезе дур кинабгӏаги ихтияр гьечӏеблъи. Нагагь гьедин ккани, мун цо къоялъниги хъулухъалда толареблъиги. Мисалалъе, цо колхозалда къойил бечӏчӏулеб рахьдал къадар чанго литралъ гӏодобе ккани, партиялъул обкомалъул даражаялда бахъинабулаан кӏудияб ахӏи-хӏур. Гьедин, тӏаса гӏодобе сундулъго букӏана низам, тӏалаб гьабулаан хӏалтӏул хӏасил. Гьабсагӏаталда бихьулеб буго кадраби ракӏарулел рукӏин гьезул лъай-бажариялда рекъон гуреб, цо бичӏчӏулареб къагӏидаялда, ай лъай-хъваязда, гӏарцул гучалда рекъон.\n— Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьун букӏин киб ва кида лъараб, кин ккарав рагъде?\n— «Чапаев» ва «Тринадцатый» абулел рагъул кинобазухъ балагьун гурони, рагъ щиб жояли лъазе жеги гӏурав чи вукӏинчӏо дун. Амма росулъ рукӏана финазулгун букӏараб рагъда, «Хӏасан» хӏоралда ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъарал чагӏи. Рукӏинесел рагъухъаби хӏисабалда ниж куцалаан школалъул военруказги. Жеги росу тун къватӏивехун щвечӏев, микьабилеб классги лъугӏун, каникулазда эбелалда аскӏов (гьей йикӏана Чӏарада районалъул гӏорхъода бугеб колохъ дояркалъун) вугев дун ахӏана росулъе. Хадусеб къоялъул рогьалида, тӏадлъун кӏудияб тӏагъургун, тӏадбан кӏудияб ханжаргун, хӏатӏилицӏго, 15 чӏужугӏадангун (киназдаго цебе къотӏун лъаб-лъаб хӏамаги) цадахъ, дун витӏана Махӏачхъалаялде, ханжу босизе. Нухда нижеда бичӏчӏана ва шагьаралде, колхозалъул петералде щведал, бицана рагъ ккун бугин. Босун ханжугун, сапаралъул 13-абилеб къоялъ ниж тӏадруссун щвана росулъе. Гьеб заманалда байбихьана росулъа гӏолохъаби армиялде рачине. Гьитӏинго вугин абун, вачунарогоги вукӏун, дица хъвана гӏарза (гьеб хъвазе малъана Гъунив дандчӏварав Гӏумар Муртазагӏалиевас (дир эменги гьесул эменги рукӏана гьудулзаби). Гьелде щвезегӏан дида лъазецин лъалароан гӏарза щиб жоялицин ва дун вачана армиялде. Дида хадубго киналго классцоязги кьуна гӏарзаби, гьелги ритӏана армиялде. Дун ккана Бакуялда бугеб рагъулаб училищеялде.\n— Кидаха бихьараб тӏоцебесеб рагъ, киб лъараб гьелъул «тӏагӏам»?\n— Училищеялъул курсалги лъугӏун, разведкаялъул ротаялъул отделениялъул командир хӏисабалда дун ккана Ингушетиялъул Малгобек шагьаралда аскӏоб унеб букӏараб рагъде.\n— Бергьенлъиялъул къоялда киб дандчӏвай гьабураб?\n— Белоруссиялда вукӏарав дун цӏализе витӏана Москваялде, тӏолабго СССРалда цого-цо бугеб рагъулабгун финансалъулаб училищеялде. Гьеб къоялъ дун вукӏана училищеялъул байрахъалда аскӏов, посталда. Дежурствоялда вукӏаго, байбихьана бицун божулареб кьвагьа-гӏанхъи, ахӏи-хӏур. Ракӏалде ккана цоги щиб балагьдай бачӏарабилан. Цинги вачӏана офицер ва лъазабуна рагъ лъугӏанин, нилъги бергьанин. Хадур ниж рачана къватӏире, щвана гӏаламалъ цӏураб Багӏараб Майданалде… бицун бичӏчӏулеб, бихьичӏев божулеб жо гьеб гуро.\n— Кинха нужеца кӏодо гьабураб гьеб къо, кьунищ нужее «наркомасул» 100 грамм?\n— Доб къоялъ кьуна лъикӏаб квен, амма гьекъолеб жоялъул хабар букӏинчӏо. Гьеб гьечӏониги, нижер рохиялъул, разилъиялъул, аваданлъиялъул рагӏа-ракьан букӏинчӏо.\n— Исана 74 нухалъ дуца дандчӏвай гьабулеб буго Бергьенлъиялъул къоялда. Кинал планалгун, пикрабигун дандчӏвазе ракӏалда бугеб?\n— Гьанже дир планал рухьарал руго сахлъиялда. Гьал дир махӏабаз дихъ гӏинтӏамичӏони, букӏинаро къватӏиве вахъинги. Амма рохелги пашманлъиги цадахъаб гьеб байрамалда дандчӏвай гьабизе буго аваданго, бадиб магӏугун….\n— Киналго кьерилал-росуцоял, рагъул гӏахьалчагӏиги цереса ун, цохӏо мунго хутӏун вукӏиналъ кинал хиялазде вачунев?\n— Гьел ракӏалдещолареб къого букӏунаро, церечӏола чӏагоял дозул сипатал, унтула ракӏ, хасго дунго хутӏараб заманалда…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "4506-bergenl-iyal-74-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4506-bergenl-iyal-74-son", "title": "Бергьенлъиялъ — 74 сон", "date": "2019-05-15 11:01:54", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Цӏорона чанги ракӏ цӏадул каранда\nИнгердахъ росулъа рагъде ана 78 чи. Гьезда гьоркьоса 41-яв тӏадвуссинчӏо\nДунялахъ гӏашикъаб,\nгӏишкъудал цӏураб\nЦӏорона чанги ракӏ\nцӏадул каранда.\nЖеги рокьи лъачӏел,\nбалай хъатӏичӏел\nВасазул гӏаданир гӏунана берал.\nГӏайшат Гӏумалаева.\nГӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жидеего бокьун фронталде ана микьгоял: Гъазиядибиров Хӏажи, Хӏажимухӏамадов Гъалбацӏ, Хӏажиев Нурмухӏамад, Хӏажиев Хӏажибег, Къураев Шарапудин, Къурамухӏамадов Дайтбег, Пахрудинов Гӏали, Къураев Сайпудин.\nХӏажимухӏамадов Гъалбацӏ\nЖиндирго цӏаралда рекъараб хасияталъул, кьварарав, бахӏарчияв чи вукӏанин гьевилан бицуна росдал гӏадамаз. Рагъ байбихьараб мехалда, Гъалбацӏица бан букӏана 17 сон. Кӏудиял вацал Мухӏамад ва Мухтар рагъдеги ун, рокъов чӏезе бокьун букӏинчӏо гьесие. Вац Мухтар лъукъун, Бакуялъул больницаялда вугин рагӏарал къояздаго, инсудаса изнуги тӏалаб гьабун, гьесул хӏал цӏехон, сапаралъ вахъана Гъалбацӏ. Махӏачхъалаялде щведал, цадахъ вукӏарав гьалмагъги тӏадвуссун ун, гьев живго хутӏана. Я нух, я гӏурус мацӏ лъалеб букӏинчӏониги, вац вихьун гурони тӏадвуссинарин абураб пикругун, Гъалбацӏ сапаралъ вахъана. Балугълъиялде вахинчӏев чи вукӏиналъ, щибаб посталда лъалхъизавулев, цо-цо бакӏазда сордо-къоялъ жанивцин тӏамулев вукӏун вуго. Гьедин, цо бакӏалда ккурав гьев хъалиян кьуризе гӏодов чӏун вуго. Хъалиян цӏалев Гъалбацӏида аскӏове вачӏун вуго часталъул командир. Гьес кумекги гьабун, хъван кагъатги кодобе кьун, поездалдеги вахинавун, нухарегӏун вуго Гъалбацӏ. Щванщинаб бакӏалда гьес кагъат бихьизабулебги букӏун буго. Ахир-къадги щола Мухтар вегараб больницаялде. Больницаялъул ахикь хьонбакӏидаги кӏусун, хъалиян бухӏулев вукӏуна гьев. Циндаго аскӏове вачӏунев чи вихьула. Хъалиян гьаризе вачӏунев чи ватилин абун ракӏалде ккола Гъалбацӏидаги. Аскӏове щолелъул, Гъалбацӏинги ахӏун, тӏад хурхун вачӏуна дов чиги. Гьес цӏар ахӏидал гурони Гъалбацӏида жиндирго вац Мухтар ватӏавахъизеги лъан гьечӏо. Вацги вачун росулъе тӏадвуссуна Гъалбацӏги.\n18 сон тӏубанин абун документалги хисизарун, жиндиего бокьун рагъде ана гьев. Гьес бицунаан жидее кьураб буюрухъ букӏанин лъималаздаги руччабаздаги квер хъвагеян абураб. Хӏулидал къандалъоги тӏад лъун, рахчизарун ратулаанила немцаз жидерго лъимал. Гьел лъималазул рокъоре щвезарулаан солдатазги.\n«Фашистазул букӏараб къуватги гучги нилъеразул букӏинчӏин бицунаан нижеда инсуца. Гьел бергьинеги бегьулаан, амма гьел къунин жидерго вахӏшилъи сабаблъунин абулаан инсуца», — ян ракӏалдещвезабуна Гъалбацӏил яс Гӏаишатица.\nЦо нухалда лъукъарав Гъалбацӏ жиндиего хвасарлъи балагьизе хъурщун унев вукӏун вуго гӏурусазул росу бугеб рахъалдехун. Сверухъ чи вугищали бетӏер эхеде борхарав гьесда, гъажалда ведрабиги ран унев цо чи вихьун вуго. Гъалбацӏил ахӏиялъухъе кумекалъе вортун вачӏарав гӏурусас гьев рокъове вачун вуго. Бусадаги вухьун, чӏегӏераб ханждал гьабураб чадиде тӏаде цӏамги щван, гьеб лъун буго ругънада тӏад. Унтиялъул кутакалъ ахӏдолев Гъалбацӏги тун, хважаинзаби рокъоса нахъе ун руго. Гьев гӏодове виччазегӏан рукъалъул бетӏергьаби тӏадруссунги гьечӏо. Гьесда ракӏ гурхӏиялъ ва тӏокӏаб батӏияб къагӏидаялъ кумек гьабизе рес букӏинчӏолъиялъ нахъе ун рукӏун руго гьел. Сахлъараб мехалда, цӏидасан фронталде тӏадги вуссун вуго.\nХӏажимухӏамадов Гъалбацӏ вагъана Югалъулаб ва Украинаялъул фронтазда, рагъулал гьалмагъзабигун Ватӏан цӏунулаго, гьев щвана Берлиналдеги. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана анкьабилеб гвардиялъул мотострелковияб Сталинград — Корсуналъул Краснознаменияб бригадаялда мухъилав гӏарадачилъун. Гъалбацӏ мустахӏикълъана «Бахӏарчилъиялъухъ» ва «Германиялда тӏад бергьенлъи босаралъухъ» медалазе.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Хӏажимухӏамадов Гъалбацӏ хвана 1987 соналда.\nХӏусенов Султӏанмухӏамад\nХӏусенов Султӏанмухӏамад, гӏисинал лъималги хъизанги тун, ана фронталде. Кӏудияб бахӏарчилъи бихьизабуна гьес Курскалъул ракьалда вагъулаго. Рагъдаса тӏадвуссана рагъ лъугӏун хадуб. Росулъе тӏадвуссун хадув гьев хӏалтӏана фермаялъул заведующийлъун, тукенчилъун. Гьевгун цадахъ рагъда вукӏана росуцояв Мурадбегов Нурмухӏамадги. Султӏанмухӏамад хвана 1965 соналда, 55 сонил ригьалдаго.\nМурадбегов Нурмухӏамад\nНурмухӏамад рагъдаса тӏадвуссана кваранаб гъежги къотӏун. Гӏезегӏан орденалгун медалалги щвана гьесие. Хӏалтӏулев вукӏана гьабигьанлъун. Гьесул жигаралъухъ балагьун гӏажаиблъун рукӏунаан гӏадамал. Лъилго кумек гьечӏого, цояб квер гьечӏев чияс квегӏаб квералъ гьабулаан гьабихъ хӏалтӏи, гьебги росулъ цохӏо гурони букӏинчӏо. Гьев вукӏана диналда тӏад чӏарав, гӏадамасул ракӏ къварид гьабуларев, цӏакъ гӏодове виччарав, намусав инсан. Нурмухӏамад хвана 1990 соналда.\nМалачилаев Мухӏума\nРосулъа кӏудиял чагӏаз бицунаан Малачиласул Мухӏума вукӏанин кьварарав чийилан. Гьесда гӏурус мацӏги лъалароан, гьединлъидал щолел шапакъатазулги цогидалъулги кӏварги гьабун гьечӏо гьес. Бахӏарчиясул цӏар щвезе рес букӏанин гьесие, амма лъицаго тӏалаб гьабичӏолъиялъ гьесул цӏарги, букӏинего букӏинчӏеб гӏадин, гьоркьоб анин бицунаан росдал харабаз. Мухӏума рагъдаса тӏадвуссинчӏо.\nРагъда гӏахьаллъарал ва тушманасул вахӏшиял ишаздаса наслаби цӏунарал бахӏарчиял умумузул хӏакъалъулъ цо макъалаялда бицун хӏалкӏвеларо. Нилъ кидаго налъулал руго рагъда гӏахьаллъарал умумузе, Ватӏаналъе гӏоло рухӏ кьуразе, тылалда хӏалтӏарал захӏматчагӏазе.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4507-rag-ue-kuna-tsoyab-ber", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4507-rag-ue-kuna-tsoyab-ber", "title": "Рагъуе кьуна цояб бер", "date": "2019-05-15 11:07:05", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Гӏабдулкаримил хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял\nДагьал церегӏан къоязда 95 соналъул гӏумруялда ахираталъул рокъове ана районалда цого-цо хутӏун вукӏарав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, I группаялъул инвалид, 10 лъимадул эмен Чӏиркъатӏаса Гӏусманов Гӏабдулкарим.\nГӏажаибаб къисматалъул инсан вукӏана 1924 соналда гьавурав Гӏабдулкарим. Цӏакъго гьитӏинго эбелги хун, гьев ккана бесдал эбелалъул цӏобалде. Гьесул эбелалъул рахъалъан я вац, я яц рукӏинчӏо. Тӏаде ячарай гӏаданалъ Гӏабдулкаримил эмен Улубил Гӏусмание гьаруна цо вас ва лъабго яс. Гӏабдулкарим гӏемераб мехалъ хьихьана эбелалъул эбел Бахуца. Гӏабдулкаримица бицунаан цӏакъай чӏужу йикӏанин жиндие эбеллъи гьабурай Баху-баба. Гьединго гьес гӏемер бицунаан жиндирго эмен Улубил Гӏусманил кьварараб хасияталъул, ритӏухъаб гӏамалалъул.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалъ, 16 сон барав Гӏабдулкарим ккана кӏудияб Октябралъул революциялъул канал (КОР) бахъизе. Гьеб захӏматаб хӏалтӏуда гьесда цадахъ рукӏана Чӏиркъатӏаса Хӏасанов Набиги, Солиманов Хӏадисги ва цогидалги. Цадахъ ккараб мехалъ, гьес бицунаан кигӏан захӏматаб куцалда ракъунги, къечонги, ругьунги, тӏад нацӏ банги хӏалтӏи гьабурабали.\nГьеб захӏматаб хӏалтӏиялдаса хадув рокъове вуссараб мехалъ, 18 сонил гӏумруялъулъ вугев Гӏабдулкарим, жиндиего бокьун гӏарзаги кьун, ана рагъде. Тӏоцеве гьев ккана Гуржиялъул Гори шагьаралде куцазе. Хадув витӏана рагъде. Рагъда росарал бергьенлъабазухъ гьесие щвана гӏемерал медалал ва орденал. Гьезда гьоркьоб буго Багӏараб Цӏва ва Кенигсберг бахъиялъухъ орден. Рагъда бахъана цояб берги. Гӏезегӏан заманалъ госпиталалда вегун хадув гьев рокъове виччалев вукӏана. Гьедин букӏаниги, цояб бер гьечӏев Гӏабдулкарим рагъде ине хӏадурулев вукӏана. Амма тӏадегӏанаб командованиялъ Гӏусманов рагъде виччачӏо. Гьесда цадахъ рагъда рукӏана районалъул Лъаратӏа росулъа Гӏалиев Сагӏидбег ва Гебеков Хӏажи.\nРагъдаса вуссун хадуб, 1947 соналда гьес лъадилъун ячана Рахӏмат. Тӏоцее гьелъ гьаюна Гӏабдулкаримие эбелалъул цӏар лъурай Рузмай, хадурги гьаруна лъимал ва гӏуна анцӏгоял. Рахӏмат йикӏана Чӏиркъатӏа йикӏарай цого-цо «Бахӏарчияй эбел» абун цӏар щварай гӏадан. 10 лъимер бугев эменги гӏемер хӏалтӏизе ва хъизан-лъималазе бетӏербахъи гьабизе кколаан. Аллагьас гьесие кьуна къадал гьаризе махщел, цояб бер беццав инвалид вукӏаниги, Гӏабдулкарим хьвадана Казахстаналде, Ростовалде, Калмыкиялде ва цогидалги бакӏазде хӏалтӏи балагьун, лъималазе квен-тӏехалъе, ретӏел-хьиталъе гӏарац балагьизе.\nЖиндирго кӏудияб хъизамалде тӏаде гьесул вас Хӏасание ккана кӏудияб къварилъи: машинаялъ авария гьабун хвана гьесул кӏиго ясги хъизанги. Нахъе хутӏана кӏиго вас ва гӏисинал кӏигьарудал ясал. Гьезулги кӏудияб ургъел тӏаде ккана рагъул I группаялъул инвалид Гӏусманиде. Гӏемераб гӏакъуба бихьана Гӏабдулкаримида. Амма цо къоялъги гьев чияр цӏобалде ккун чӏечӏо ва жиндирго росуцоязе, гӏагарлъиялъе гӏемераб хӏалтӏи гьабуна.\nКамил Хӏадисов,\nЧӏиркъатӏа росу"}
{"slug": "4508-l-imalazul-bakhiarchil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4508-l-imalazul-bakhiarchil-i", "title": "Лъималазул бахӏарчилъи", "date": "2019-05-15 11:08:34", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Волоколамскалъул мальчишал»\nМоскваялдаса 130 километралъ рикӏкӏада, Большая Сестра абураб гӏурул рагӏалда буго Волоколамск районалъул Стеблево росу.\n1941 соналъул 15 декабралда полковник Чанчибадзел отрядалъ тушманасдаса эркен гьабуна гьеб гьитӏинабго росу. Гьениса тушманги вачахъун, Багӏараб Армиялъул подразделениялъги тана Стеблево. Росуцоязда лъалаан, нагагь фашистал тӏадруссун рачӏани, гьез зулму гьабизе букӏин.\nРосу цӏунизе хӏадурлъи\nЛъималазул рокъор гӏурал Володя Овсяниковасги Саша Крыльцовасги хӏукму гьабуна росу цӏунизе хӏадурлъизе. Гьез гӏуцӏана 11-16 сон барал лъималазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб букӏана Финляндиялъулгун рагъда гӏахьаллъарав Иван Володиница. Гьес лъималазда малъана тункӏаздасанги пулеметаздасанги кьвагьдезе.\nНемцал тӏадруссана\n16 декабралъул рогьалилъ Саша Крыловасда рагӏана бекулеб гӏаркьелалъул сас. Цо заманалдасан гьесда бихьана фашистазул мотоцикл. Сашаца чанцӏулго кьвагьана гьезде. Фашистазул мотоцикл нахъбуссун ана. Къад росдаде гӏагарлъана фашистазул цоги къокъа, амма гьездеги кьвагьдана гӏолилал. Фашистазда ракӏалде ккана росу цӏунун аскариял ругин абун ва тӏубараб къоялъ гьаруна росдаде гьужумал. Ахир-къадги гьез росу тана. Гьениб Багӏараб Армиялъул солдатал ругилан ракӏалде ккун батила гьезда.\nНилъерал рачӏана\n17 декабралъул къалъул гӏужалда Стеблево росулъе рачӏана Багӏараб Армиялъул солдатал. Командованиялъ лъималазе баркалаги кьуна. Росу цӏунарал лъималаздаги абизе лъугьана «Волоколамскалъул мальчишалин» абун."}
{"slug": "4509-gale-gudulzabi-bachiana-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4509-gale-gudulzabi-bachiana-balag", "title": "Гьале, гьудулзаби, бачӏана балагь", "date": "2019-05-15 11:09:40", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1418 сордо-къоялъ халатбахъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ\nЦӏадаса Хӏамзатица 28 июналда магӏарул\nхалкъалдехун радиоялдасан гьабураб кӏалъай\n23 июналда бахъараб «Магӏарул большевикалъул» 50-абилеб номералда лъун буго тохлъукьего фашистияб Германия СССРалде тӏаде кӏанцӏиялда бан, СССРалъул Совнаркомалъул председателасул заместитель, къватӏисел улкабазулгунисел ишазул министр В. М. Молотовасул радиоялдасан гьабураб кӏалъай. Гьебго номералда буго «Бергьенлъи нилъехъ букӏине буго» абураб макъала. Гьелда хъвалеб буго Дагъистаналъул росабалъ ва шагьаразда фашистазде дандечӏун тӏоритӏарал митингазул. 1 июлалъул номералда буго «Киналго къуватал Ватӏан цӏуниялде, тушман щущахъ виххизавиялде рехизин» абураб ВКП(б)ялъул Дагъистан Обкомалъул секретарь Н. Линкунил кӏудияб макъала.\nГьебго номералда буго Цӏадаса Хӏамзатица радиоялдасан магӏарул халкъалде гьабураб кӏалъайги.\nХиянатлъиялъул гьагаб кьвагьиялъ\nКьижарал питнаби рорчӏизаруна.\nНахъасан речӏчӏулеб гьве гӏадин бачӏун,\nФашистаз халкъалда харил цӏа лъуна.\nДанде бащалъулеб зарги ккечӏого,\nЗулмуялъ улкаби кверде рачана.\nКутак тӏереналъур тӏадеги гьетӏун,\nГитлерица гӏурхъи гӏатӏид гьабуна.\nГӏемер лъадахъани, гӏеретӏ бекула,\nГӏумру араб бегун фашизмаялъул.\nГӏажал щведал болъон щобде бахуна,\nАхир ккела гьесул нилъер квердасан.\nГраждан рагъазул заманаялъго\nЛъараб нилъеда хӏал немц ярагъалъул,\nКигӏан къвакӏаралги гӏурул ханазул\nГӏатӏ хинеб нилъеца, цо рихьизе те.\nСССРалъул халкъ, фашизмалда тӏад,\nТӏубан чӏел босизе походалъ бахъа!\nСталиний гӏоло, нилъ-квартӏий гӏоло,\nВатӏаналъе гӏоло, церехун рилълъа!\nГьалмагъзаби, дица кочӏол мухъал хъвачӏо немцазул ярагъалъул ва гьезул хучдузул хӏакъалъулъ, кочӏое гӏоло. Нилъее гьел церего баянал руго. Гьеб яргъидалъун гӏуцӏун рукӏана 1918 соналда нилъер гьанир Гоцинскиясул ва интервентазул бандал. Гьел лъугьун рукӏана Дагъистаналъул магӏарулазул советияб хӏукумат гъанкъизе.\nНемцазул ярагъалъ кумек гьабичӏо. Кӏудияб гӏурус халкъалъги, украиназги ва нилъеца — магӏарулазги, лезгиязги, лъарагӏазги ва цогидазги доб заманалда гьеб яргъил къуват бек-бекун бана ва хведералдеги буссинабуна.\nГьабсагӏаталда Германиялъул фашистазул ярагъ нахъеги нилъеде балагьизабун буго. Гьезие бокьун буго октябралъ кьурал кӏудиял эркенлъаби ва ихтиярал тӏагӏинаризе, нилъер инсанияталъулал ихтиярал рахъизе, нилъер талихӏ бугеб гӏумру мерхьине. Нилъер Ватӏаналде тӏаде тушман кӏанцӏана. Нилъер щивасул налъи буго тушман вачахъи, щущахъ виххизавулеб куцалда гьесда кьаби.\nБольшевиказул партиялъ нилъ ахӏулел руго хӏурматияб, ватӏаналъулаб рагъ къабихӏав тушманасде данде гьабизе.\nНилъеда, магӏарулазда, лъала гьаб рагъ нилъерго ватӏаналъе гӏоло гьабулеб букӏин, церегосел заманаздаса нахъего авар халкъалъул цӏар ун буго къватӏисахун рачӏунел хъачагъазде ва зулмучагӏазде данде гьарулел рагъазулъ. Авар халкъалъ бахӏарчияб къагӏидаялда цӏунана жиндир ракь тӏаде кӏанцӏарал хазараздаса ва цересел гӏарабаздаса. 200 соналъ цебе Авариялъул мугӏрузда Сугъралъ росдада аскӏор щущахъ риххизаруна Надир-шагьасул гучал аскарал.\nГьабсагӏаталда Гитлерица живго XX гӏасруялъул Надир-шагьлъун рикӏкӏунев вуго. Надир-шагьас гӏадин жеги хиял гьабулеб буго тӏолабго дунялалдаго тӏад кверщел гьабизе. Амма фашизмалъул гьве мурадалде щвезе гьечӏо.\nБалагье нуж! Тӏолабго советияб халкъ цо чи гӏадин, тӏаде бахъун бугеб куц. 200 миллион чи – нилъеда данде фашистазул жонсокъаб цо гохӏ бахъун чӏун буго.\nДагъистаналъул магӏарулал жакъа жиндир тӏолабго улкаялда кӏудияб Совет союзалда цадахъ руго, жиндир кӏудияв вац – кӏудияб русский халкъалда цадахъ руго, большевиказул гьайбатаб партиялда, кӏудияв Сталинида сверухъ кидагоялдаса цӏакъ гъункун.\nМугӏрузул халкъ! Дица нуж ахӏулел руго, нилъер цӏар арал умумул гӏадин, нилъерго гӏумруялдаги барахщичӏого, эркенлъиялъе гӏоло, талихӏаб яшавалъе гӏоло, совет хӏукуматалъе гӏоло, Сталиние гӏоло кутакаб къеркьей гьабиялде.\nЧӏахъа бергьенлъи!\nЧӏахъа нилъер социализмалъул ватӏан!\nЧӏахъа Кӏудияв Сталин!\n№53, 1 июль 1941 сон\nМагӏарул районаз Оборонаялъул фондалде\nгьабураб кумек\nШаури\nЦӏунтӏа районалъул захӏматхалкъалъ барахщичӏого кьолеб буго Оборонаялъул фондалде гӏи-боцӏи, металл ва цогидабги. Мокъокъ советалъул колхозниказ кьуна 4000 гъуршил облигация, киналго захӏматкъоязухъ кколеб мухьалъул 3 процент, гьединго гӏемераб хъахӏаб гӏарац ва гь.ц. Лъацуда росулъа колхозница гьал. П. Рамазановалъ кьуна 40 гъуруш хъахӏаб гӏарац. 80 гъуршил облигация, 5 килограмм пахь ва рез ва 10 захӏматкъоялъухъ кколеб мухьги.\nРайоналдаго гьанжелъизегӏан фондалде кьун буго 36565 гъуршил облигация, 3803 гъуруш гӏарац, 4 чу, 18 гӏиялъажо, 4 оц, 10 килограмм нах, 836 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь, 66 пуд чӏегӏераб ва кьер бугеб металл, 6 хьвани ва гь.ц. Фондалде кьолеб жо нахъаса къотӏулеб гьечӏо.\nКъахӏиб\nКагановичасул цӏаралда бугеб колхозалъул огородчи-звеновод гьал. Хӏадисихӏмаев Ибрагьимица Оборонаялъул фондалде кьуна 250 гъуршил облигация ва 30 захӏматкъоялъухъ кколеб мухьги. Гьес абулеб буго, араб соналда колхозалъул огородалъ колхозалъе 13146 гъуршил доход кьун букӏараб батани, гьаб соналда 3 нухалъ цӏикӏкӏун доход кьезабулеб буго, гьебги буго тушман хехго къезавиялъе бугеб гъоркьлъеллъун — абун.\nБуйнакск\nДурангъиб росдал Стахановасул цӏаралда бугеб колхозалъул колхозниказ Оборонаялъул фондалде кьуна 376 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь, 5020 гъуршил облигация, 32 килограмм нах ва 1 тонна картошка. Гьелде тӏадеги 206 колхозникас субботник гьабураб 270 захӏматкъоялъухъ кколеб мухьги.\nДилим\n31 августалда Казбек районалъул Хубар росдал колхозниказ субботник гьабун 130 захӏматкъоялъухъ ккараб пихъ Оборонаялъул фондалде кьуна. Алмахъ росдал колхозниказ сахаватлъиялда кьолеб буго фондалде гӏарац, боцӏи ва къайи.\nЦӏуриб\nЧӏарада районалъул Гӏириб росдал Советалъул колхозниказ оборонаялъул фондалде кьуна 22000 гъуршил облигация, 2400 гъуруш гӏарац, 8 килограмм бацӏцӏадаб хъахӏаб гӏарац, 1300 килограмм чӏегӏераб металл, 150 килограмм квас, 38 гӏиялъажо, 10 чӏегӏерхӏайван ва 400 захӏматкъоялда тӏад кколеб мухьги. Колхозница Мирзаева Рукъиятица кьуна бацӏцӏадаб гӏарцул 2 курхьин ва баргъичал, 150 гъуршил облигация ва рагъ лъугӏизегӏан щибаб моцӏица 3-3 захӏматкъоялде тӏаде кколеб мухь кьезеги гьелъ рагӏи кьуна. Мухӏамадов Шагӏбаница 1000 гъуршил облигация, Гӏабдулаев Гӏабдулхаликъица 600 гъуршил облигация ва 400 гъуруш гӏарац ва Хӏажиев Мусаца 600 гъуршил облигация кьуна ва рагъ лъугӏизегӏан щибаб моцӏида жаниб 50-80 гъуруш гӏарац кьезеги тӏаде босана.\nОборонаялъул фондалде кьолеб жо гьоркьоса къотӏичӏого буго.\n№85, 16 сентябрь 1941 сон\nМелъелтӏа\nГумбет районалъул Тӏаса Инхо росдал колхозниказ хӏукму гьабуна Оборонаялъул фондалде анцӏ-анцӏ захӏматкъоялъухъ кколеб мухь кьезе. Цо-цо колхозниказ гьелда тӏадеги жеги цӏикӏкӏун кьуна. Абакаров М. Сагӏидица 50, Тӏалхӏатов Темирханица 15 ва Мухӏамадова Аминатица 85 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь кьуна. Тӏолалго колхозниказ 1100 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь кодобе кьуна.\nГьелде тӏадеги гӏемераб гӏарац ва облигация кьолеб буго.\nКӏаратӏа\nГӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъ росдал Сталинил цӏаралда бугеб колхозалъул 372 колхозник 18 августалда хӏалтӏана Оборонаялъул фондалъе гӏоло. Гьеб къоялъ колхозалда хӏалтӏун росарал 400 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь гьал къоязда оборонаялъул фондалде кьуна.\nАгъвали\nЦӏумада районалъул колхозаз ва колхозниказ Оборонаялъул фондалде кьуна 113300 гъуршил облигация, 2695 гъуруш гӏарац, 35 чӏегӏер хӏайван, 228 гӏиялъажо, 4145 килограмм чӏегӏераб металл, 832 килограмм пахь, ва рез, 4 килограмм хирияб металл, 19 килограмм бацӏцӏадаб хъахӏаб гӏарац.\n№85, 18 сентябрь 1941 сон\nУнсоколо\nУнсоколо росулъ хӏалтӏулев вугев Гъуниб районалъул Цӏулда росулъа маххул устар гьал. Хӏажиев Гӏабдулхаликъица тӏаде босун буго, чуязда тӏикъва-махх чӏван, жинца босараб кинабго гӏарац рагъ лъугӏизегӏан кӏудияб ватӏаналъул Оборонаялъул фондалде кьезе.\n№101, 23 октябрь 1941 сон\nГьумер хӏадур гьабуна\nПайзула Пайзулаевас."}
{"slug": "4510-dol-rukiana-bakhiarzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4510-dol-rukiana-bakhiarzal", "title": "Дол рукӏана бахӏарзал", "date": "2019-05-15 11:11:22", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Игьел — Кӏудияб Ватӏанияб рагъда\nИгьали росулъа 135 чияс гӏахьаллъи гьабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъда. Гьезул бищун гьитӏинасул букӏана 16 сон ва бищун кӏудиясул — 47 сон. Рагъ байбихьилалде армиялда вукӏана (1939-1940 сонал) 23 чи. Гӏемериселги рукӏана жеги хъизан гьабичӏел чагӏи. Гӏемерисел хъизамаздаса рагъде ана кӏи-кӏи чи. Дарбищмухӏамадил хъизамалдаса рагъда гӏахьаллъи гьабуна лъабго чияс, гьезул бищун гьитӏинав — Камил араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана. Зияратовазул хъизамалдасаги рагъде ана лъабгояв. Бищун кӏудияв Рахӏматулаги, бищун гьитӏинав Шагӏбанги араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, гьоркьохъев — Мухӏамад тӏадвуссун вачӏана. Эхоевазул хъизамалдасаги рагъда гӏахьаллъи гьабуна лъабго чияс. Гьезулги гьоркьохъев вас Мухӏамад тӏадвуссинчӏо. 11 хъизамалъе камуна кӏи-кӏи вас, кӏиго хъизамалъе –эменги васги.\nКӏудияв вац Гӏабдурахӏим чӏванин кагъат бачӏиндал, жиндиего бокьун фронталде ана гьитӏинав вац, 22 сон барав Ниязбег. Амма араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарав гьев вачӏине, вихьизе, гьесул хӏакъалъулъ щиб бугониги рагӏизе, лъазе букӏараб анищ-хьулгун ана ахираталъул рокъоре, жидер тӏокӏал лъимал рукӏинчӏел Гӏисахӏажиявги Патӏинаги. Росуцояз бицуна жалго хвезегӏанги гьел мунагьал чурадаз сардилъ вас вачӏине бегьулинги абун рахачӏого толаанила каву ва свинабулароанила нартил чирахъ.\n62 игьалисев араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана рагъда. 32-ясул бачӏана рагъдаса «чӏегӏераб кагъат». 1941 соналда ана рагъде Ахӏмад Жамалудинов. Кватӏичӏого рокъобе бачӏараб кагъат бихьидал, гьеб параялъго магӏирукъ лъун буго гьезул азбар-къоноялда. Гьеб букӏун буго сала-калам хъвараб кагъаталда цадахъ лъураб, чӏегӏераб горги, горалда бакьулъ 2-3 гьитӏинаб каратӏги бугеб кагъат. Гьеб мехалда щибго бичӏчӏичӏел рокъосезе школалда мугӏалимлъун хӏалтӏулев вукӏарав Лъагӏилухъа Муса абулев чияс баян гьабун буго гьеб бугин кьвагьдохъабаз гӏужда речӏчӏизе хӏалтӏизабулеб букӏараб кагъат (мишень), гулла гӏужда речӏчӏизе бугеб жиндирго махщел нужедаги бихьизе цадахъ лъун бачӏарабилан. Гьебги букӏун буго гьесул Гори шагьаралда кьвагьдезе ругьун гьавулеб заман.\nРагъда кӏиявго вас (Гӏабдулагьги Мухӏамадги) тӏагӏарай гьезул эбел Багистан жийго хвезегӏанги йикӏунаан, рагъидаса бихьулеб нухлул сверелалдеги балагьун, нагагь гьениса вачӏунев чиясул сипат бихьани, гьев ватизе кколин жиндир цоявниги василан гаргадулей. Халатаб жо бугелъулха инсанасул хьул.\n1942 соналда, кӏиго сон барай ясги рокъой тун, ана рагъде Мухӏамадов Гӏабдурахӏман. Амма кигӏанго урхъараб анищ букӏаниги, гьесда рагӏичӏо, лъачӏо хадуб чанго моцӏидасан вас гьавиялъул рохалилаб хабар. Гьебго соналъ рагъде арав Магьдиев Ибрагьим чӏванилан хабарги бачӏун, чӏегӏербан йикӏарай лъади Ибрагьимова Патӏиматида кватӏичӏого тӏаде бегана цоги къварилъи: вац — Гӏартӏиев Гӏаращ рагъда тӏагӏанилан цоги кьогӏаб хабар ва хадубккунисеб гӏумруялъ гьей, мунагьал чурад, хутӏана цохӏо вугев гӏажизав васгун.\n41 чи вуссана рагъдаса росулъе. Рогьалилъ цо-цо, кӏи-кӏиккун зодоса тӏагӏун, ссун унел цӏваби кинниги, лъугӏун ана вахӏшияб рагъул кьогӏлъи бихьарал рагъухъаби. Абулмуслимов Гӏабдулагь гӏахьаллъана тушманасдаса Ростов шагьар эркен гьабиялъулъ, Харьковалъул мухъалдехун рукӏарал рагъазулъ. Гьениб цо росу эркен гьабулаго захӏматго лъукъарав Гӏабдулагь, сордо-къоялъ 42 градус квач бугеб бакӏалда хутӏула. Саратовалъул госпиталалде щвезеги бала 2 сордо-къо. 6 моцӏалъ гьенивги вегун, кваранаб хӏатӏил тӏогьиса килщалги къотӏун, къвалакь гӏунсбигун тӏадвуссуна росулъе. Амма хӏалхьиялда чӏезе рес букӏинчӏо, хьвадизе кӏваралдаса хӏалтӏана росдал советалъул, колхозалъул председательлъун ва цогидалги хӏалтӏабазда.\nИбрагьимов Гӏиса рагъда вукӏана минометчиклъун. 1944 соналъул январалда лъукъарав гьев, рагъуе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, рокъове витӏун вачӏана. 13 соналъ Гӏисал чорхолъ бакӏ ккун букӏана тушманасул гулла ва 1957 соналда бахъана гьеб къватӏибе. Гӏисаги хӏалтӏана колхозалъул бригадирлъунги, фермаялъул заведующийлъунги, гӏемерал соназ Кьохъ заводалдаги, школалъул завхозлъунги.\nХӏажимурадов Ражбадиница бицунаан цадахъ рукӏарал росуцоял Чупалаев Мухӏамадилги Гӏисахӏажиев Ниязбегилги. Кӏигониги нухалъ лъукъарав гьев рокъове витӏун вачӏана ва хӏалтӏана колхозалъул председателасул заместительлъунги, учетчиклъунги, агрономлъунги, завскладлъунги.\nГӏалимчилаев Мухӏамад, цин Грузиялда, хадув Ереваналда рагъуе ругьунги гьавун, витӏана фронталде. «Гьитӏинаб ракь» эркен гьабулаго, тушманас щулаго ккун букӏана цо гохӏ. Чанго нухалъ гьарурал гьужумаз хӏасил кьечӏо, нилъеразеги чӏахӏиял камиял кколел рукӏана. Къасиялдехун нижехъе вачӏана генерал, ва гьес суал лъуна щиб гьабунги щулалъи бахъизе кколин абураб. Тӏарадаса ахаде щвезегӏан кьерда чӏаразде берги щвезабун унаго, дида цеве щведал, гьев лъалхъана ва киса кколевилан гьикъана. Дагъистаналдаса кколин абидал, гьес абуна буюрухъ тӏубазе кӏвелищин абун. Кӏвелин дицаги абуна. Дида цадахъ витӏана цо офицер-снайперги. Рогьине дагьабго заман хутӏун букӏана тушманас ккураб щулалъуде аскӏоре ниж гӏагарлъулеб мехалда, ва циндаго дица цо чанго граната бухьараб жо рехана тушманасул дзоталде, ва гохӏда немцазул рихха-хочи лъугьана. Гьеб параялъго дица танказде рехулеб гранатаги ана балагьизабун. Кватӏичӏого биччараб сигналалъулаб ракетаялдасан байбихьана цадахъаб гьужум ва щулалъи нилъеразухъе щвана», — ян бицунаан гьес. Гьеб рагъулаб операциялда Мухӏамадие щун буго «Багӏараб цӏва» орденги. Рагъдаса вуссун хадув хӏалтӏана колхозалъул председателасул заместительлъун, бригадирлъун, ревизкомалъул председательлъун ва цогидал хӏалтӏабазда.\nХъазанбиев Гӏабдулмажид, 1939 соналда армиялде арав чи ккана рагъде. Гӏахьаллъана Австриялда, Румыниялда рукӏарал рагъазулъги, Дальний Востокалда Япониялъулгун рагъдаги. «Нижее тӏадкъай кьун букӏана тушманасул цонигияв кверде восизе. Цадахъ командиргун ва 5 солдатгун ниж ана разведкаялъ. Тӏоцебесеб сордоялъ битӏккечӏо. Тушманасул землянкаялдаги нижедаги гьоркьоб букӏана кӏиго километралъул манзил. Кӏиабилеб къоялъул маркӏачӏуда нахъеги ана анкьавго чи гьениве. Дунги командирги жанире кӏанцӏана, цогидал къватӏир тун рукӏана. Столалда тӏад таманчаги лъун, цояб квер бетӏералда гъоркьги чӏван, гӏодов чӏовухъе кьижун ватана немцазул офицер. Гьеб параялъ командирас кьабураб жоялъ гьев гӏодов ккезавуна. Дун, щиб гьабилебали лъаларого, виххун хутӏана. Гьедин, щибго ахӏи-хӏур бахъинчӏого, вачун штабалде щвезавуна нижеца немцав. Гьеб тӏадкъай тӏубаралъухъ дие кьуна «Бахӏарчилъиялъе гӏоло» медаль», — ян бицунаан Гӏабдулмажидицаги.\nВатӏан цӏунулаго хваразул ва тӏагӏаразул цӏарал рикӏун руго росу бакьулъ бугеб Кӏудияб Ватӏанияб рагъда хваразул хӏурматалда эхетараб памятникалда щула гьарурал мармаралъул ганчӏазда. Амма гьанжесеб гӏелалда лъаларо рагъдаса тӏадруссун, гьенир ккарал гӏузрабаз сакъатлъарал ва нилъедаса ратӏалъаразул цӏарал. Гьезулги цӏарал даим гьариялъе хӏалтӏи гьабизе тӏадаб буго нилъеда.\nМагьди Гӏабдурахӏманов,\n«Дир гӏагараб Игьали» тӏехьалдаса"}
{"slug": "4511-rag-kh-intiana-shchibab-kh-izamalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4511-rag-kh-intiana-shchibab-kh-izamalda", "title": "Рагъ хъинтӏана щибаб хъизамалда", "date": "2019-05-15 11:12:39", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Бежтӏа росулъа Шапигӏилазул тухумалдаса Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъана Мухӏамад Хизриев\nДир эбелалъул вукӏана лъабго вац. Жиндирго лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб мехалда, гьелъ киданиги рехсоларо бищун кӏудияв вац Мухӏамадил цӏар. Гьей гьаюна вац рагъда вугеб заманалда. «Нижгун кидаго цадахъ вукӏунаан гьитӏинав вац Мухӏамадхӏажи. Мухӏамад эмен вугин кколаан дида. Эменго гӏадав вукӏиналъги, инсул хӏеренлъиги лъикӏлъиги дида лъачӏелъулги батила. Инсулаб тӏалаб гьабулаан гьес нижер кӏудияб хъизамалъул. Хъизан гьабурав гьев вукӏунаан жиндирго минаялда, нижедаса батӏаго. Гьесда аскӏое инецин хӏинкъулаан дун. Рукъалъул ва магӏишаталъул гӏиси-бикъинал масъалабазулги гьесда бицинеги нечолаан дун. Дица бицинчӏониги, лъан ратулаан гьесда гьел ва кидаго ватулаан кумекалъе. Амма гьев вукӏана цӏакъав маслихӏатчи, росдал гӏолилазе гӏакъилчи. Цӏакъ адаб гьабулаан гьесул тухумалъ ва росдалго бихьиназ. Гьесие бокьулароан гӏемераб хабар бицине. Гӏощтӏоца къотӏараб гӏадин гьабулаан хӏукмуги. Цо рагӏи гӏолаан гьесул! Жакъасеб гӏелалъ гӏадахъцин босуларо чӏахӏиязул пикру, амма дир вацас абуралдаса кьурулароан цониги чи», — ян бицана эбелалъ.\nИмгӏал Мухӏамад рагъде ана 1942 соналда. Гьев ккана фашистаздаса Кавказ цӏуниялъе гӏоло къеркьолеб 137-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялде. Кавказалъул чӏегӏернартиде хьул лъурав Гитлерил амру тӏубалаго, фашистаз гьенибе рехун букӏана кӏудияб къуват. Хизриев гӏахьаллъана тушманасдаса Моздок шагьар эркен гьабиялъулъ. Унел рукӏана кьварарал рагъал ва гьезул цоязда Мухӏамад захӏматго лъукъана. Гьев витӏана госпиталалде. Ругънал сахлъаралго, гьев цӏидасан лъугьана тушмангун къеркьолезул кьеразулъе.\nМухӏамадил дивизия щун буго Югалъулаб Украинаялде. Имгӏал вагъана Таганрог ва Керчь шагьарал эркен гьариялъул рагъазулъ. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тарихалда даим хутӏана Керчь шагьар тушманасдаса бацӏцӏад гьабиялъул мурадалда гӏумруялда барахщичӏого рагъарал аскариязул бахӏарчилъи. Керчалъе кьуна Бахӏарчи-шагьарилан абураб цӏарги. Гьел рагъазулъ къвакӏигун бихьинчилъи загьир гьабуна имгӏаласги. Къуркьи гьечӏеб рагъулъ гьев нахъеги захӏматго лъукъана. Госпиталалда бана гӏемераб заман. Сахлъараб мехалда, Мухӏамадица нахъеги гӏарза кьуна цӏидасан рагъде витӏеянги гьарун. Амма рагъулабгун медицинаялъул комиссиялъ гьесие инкар гьабуна. 1944 соналда, рагъуе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, имгӏал витӏана рокъове.\nРосулъе тӏадвуссарав имгӏалас байбихьана гӏагараб колхозалда хӏалтӏизе. Мухӏамад Хизриев мустахӏикълъана «1941-1945 соназул Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гьабураб бахӏарчияб захӏматалъухъ» абураб медалалъе.\nКьуна гьесие шапакъатал рагъда гӏахьаллъаралъухъги. Рагъулаб хӏаракаталъухъ гьев мустахӏикълъана хӏакъалъулъ Жуковасул медалалъе, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орденалъеги ва гӏемерал медалазеги.\n1958 соналда ригьин гьабуна имгӏалас. Гьесги лъади Зугьратицаги гӏезабуна микьго лъимер – щуго васги лъабго ясги. Гьеб кӏудияб хъизан хьихьизе хӏаракат гьабизе кколаан. Гьес бана росулъго берцинаб ва кӏудияб мина. Гьелда цебе букӏараб ракьул бутӏаялда гӏезабуна гӏечул ах – дол соназда Бежтӏа росулъ къанагӏат гурони букӏинчӏо пихъил ахго. Магӏарухъ чарагьечӏого хӏажалъулеб векьарухъанасул захӏматалъул балъголъи гьесие щун букӏана инсухъа, ва гьесги гьеб малъана жиндирго васазда. Ирсалъе хутӏана гьезие инсул минаги гӏечул ахги.\nМухӏамад Хизриев хӏалтӏана батӏи-батӏиял хъулухъазда. Росулъ рагьана цин почалъул ва хадубккун нухазул магӏишаталъул отделениял ва гьезие нухмалъи гьабизе тӏадкъана Хизриевасда. Гьедин гьес байбихьи лъуна росулъ рагьарабщинаб цӏияб идараялъе нухмалъиялъе: рохьил магӏишаталъулги, ОКХялъулги, маслопромалъулги, районалъул киносеталъулги. Мухӏамад Хизриевас хӏалтӏи течӏо хӏурматияб хӏухьбахъиялде витӏизегӏан. Гьебмехалдаги захӏматалдаса инкар гьабичӏо гьес.\nХизрилазул тухумалъул буго Ашкуваъ абураб кули. Бусаде ккезегӏан, гьенив вукӏунаан имгӏал. Нижее, лъималазе, гьес рицунаан батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ харбал. Амма киданиги бицунароан рагъулги гьениб хӏехьезе ккараб гӏакъубаялъулги хӏакъалъулъ. Ичӏабилеб маялъул байрамкъоялде гьевги цогидал ветераналги чарагьечӏого ахӏулаан школалде. Гьениб, рагъул нухазул бицунаго, гьезул бадиб хулулаан магӏу, сородизе байбихьулаан гьезул гьаракьги. Бихьинчи гӏодуларин абун куцарал нижеца гӏажаиблъи гьабулаан гьелда. Нижее, лъималазе, гьев вукӏана хӏинкъи-къай лъаларев чанахъан. Росулъ тӏибитӏун буго гьадинаб бицен. Нагагь, рохьов вукӏаго, ци яги цогидаб жанавар дандчӏвани, ахӏизе ккола «Воре, довасан Ибрагьимилав, гьанисан Хизрилав!» абун. Гьеб мехалда жанавар, хӏинкъун, тӏуризе буго, инсанасе заралги гьабичӏого. Гьедин абиялъе гӏилла букӏана Хизрилавги гьесул яцалъул бетӏергьанчи Ибрагьимилавги гӏужилал чанахъаби рукӏин. Бежтӏадерил боцӏуе бацӏазги циязги хӏалхьи толарого букӏунаан. Гьебмехалда кӏиявго гӏагарав чи вахъунаан чанаве. Дида киданиги рагӏичӏо имгӏалас ритӏучӏ яги кьурул бис чӏванилан абун. Аслияб къагӏидаялда чан гьабулаан цияздегун бацӏазде.\nГьанже бичӏчӏула дида дол ветераназул, хасго кидаго согӏавлъун, кьвараравлъун нижеда лъалев имгӏаласул бадиса гирулел рукӏарал магӏил гаразул магӏна.\nИмгӏал хвана 1997 соналда. Ихдалил бакъуца жеги тӏубанго хинлъизабун бахъинчӏеб, амма гӏагараб умумузул ракьулъ парахалъана бахӏарчияв солдатасулги кӏвахӏ лъаларев захӏматчиясулги жаназа. Ракьалда хутӏана гьесул баракаталъул лъалкӏал – инсул ирсалъе мустахӏикъал лебалал васалги гьесул адаб цӏунун гӏумру гьабулел хӏалимал ясалги. Щибаб соналъул ичӏабилеб маялда Хизриев Мухӏамадил лъималазул лъималги чӏола «Хвелгьечӏеб полкалъул» кьеразда. Рахъуна кӏудияв инсул суратги кодоб ккун.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "4513-khvel-gechieb-polk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4513-khvel-gechieb-polk", "title": "Хвел гьечӏеб полк", "date": "2019-05-15 11:15:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ирсилазул парад\nВатӏаналъе рухӏ кьуразул адаб гьабизе ккола кидаго\nГьал къоязда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана республикаялда «Хвел гьечӏеб полк» абун цӏар лъураб тадбир гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ. Россиялъул «Хвел гьечӏеб полкалъул» ДРялда бугеб исполкомалъул нухмалъулей Сабина Къурбановалъ ва жамгӏияб гӏуцӏиялъул регионалияб штабалъул вакил Сефижат Мухӏамадрасуловалъ бицана улкаялдаго «Хвел гьечӏеб полк» гӏуцӏиялъул ва гьеб жамгӏияб багъа-бачарилъун лъугьиналъул хӏакъалъулъ.\nДагъистаналда «Бергьенлъиялъул ирсилазул парад» тӏобитӏизе байбихьана 2013 соналдаса нахъе. Гьенир аслияб къагӏидаялъ гӏахьаллъулаан цӏалдохъабигун студентал. Хадуб тӏобитӏизе байбихьараб «Хвел гьечӏеб полкалъулъ» тадбиралда щибаб соналъ цохӏо Махӏачхъалаялда гӏахьаллъула 16 000 чи, тӏолабго республикаялдайин абуни, гӏахьалчагӏазул къадар бахуна 30 000-ялде.\n«Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъалъулъ нилъеда жеги гӏемераб жо лъаларо. Амма лъала балугълъиялде рахинчӏел гӏолилазцин, жидеего бокьун, гьелда гӏахьаллъи гьабураблъи. Гьединал бахӏарзазул хӏакъалъулъ бицинеги ккола нилъеца ва адаб гьабизеги тӏадаб буго», — ян бицана Сабина Къурбановалъ.\n«Хвел гьечӏеб полкалъул» исанасеб тадбиралда гӏахьаллъизе вуго 2500 цӏалдохъанги, гьединго тӏоцебесеб нухалда гӏахьаллъизе вуго 30 волонтер-медикги. Нагагь щиб кканиги, гьезухъ рукӏине руго тӏоцебесеб кумекалъе хӏажатабщинаб жаниб лъурал санитариял сумкаби.\n«Хвел гьечӏеб полкалъул» тадбир байбихьизе буго сагӏат 12 тӏубайдал ва Ленинил цӏаралда бугеб майданалдасан ине руго Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб къватӏккун, Авартеатралде цере щвезегӏан. Гьениб сагӏат лъабгоялда бихьизабизе буго концертги. Гьебго заманалда концерт букӏине буго Даггосфилармониялъул риидалилаб майданалдаги.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4560-k-o-kkaral-ub-tsol-ana-zhamagiat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4560-k-o-kkaral-ub-tsol-ana-zhamagiat", "title": "Къо ккаралъуб цолъана жамагӏат", "date": "2019-05-20 11:42:31", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏабигӏияб балагьалъ мугӏрузул районазда щвезабураб кьаби лъугьана нухмалъулезе экзаменлъун\nКӏудияб Ватӏанияб рагъда бергьенлъи босараб къо кӏодо гьабулел нилъ киналго рукӏаго, цо-цо районазул росабазул гӏадамазе тӏабигӏияб балагьалъ кӏудияб зарал гьабуна. Масала, Гумбет ва Цӏунтӏа районазул росабалъе бараб хехаб чваххун цӏадалъул ва горо-цӏералъул хӏасилалда щун рачӏарал лъараз хвезабуна нус-нус хъизамалъул къайи-свери, магӏишат.\nГьеб лъугьа-бахъиналда бан, ДРялъул нухмалъиялъ лъазабуна къварилъи ккаразе кумек гьабизе бугин ва жавабиял идарабазул хӏалтӏухъабазда тӏадкъана ккараб заралалъул мухӏканлъи лъазабейилан. Гьединаб мурадгун ДРя-\nлъул бетӏерасги, вертолеталдаги рекӏун, гьаваялдасан халгьабуна зарал ккарал росабазухъ. Гьединго хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьес гьадин абуна: «Гьаб лъугьа-бахъин ккола нилъер щивасе экзаменлъун. Цоязе — гьабураб хӏалтӏухъ шапакъат щвела, цогидалин абуни, ай жиндир заманалда тӏадал ишал тӏуразаричӏел хӏалтӏудаса махӏрумлъила», — ян.\nГумбет\nИчӏабилеб маялда Гумбет районалъул Гъоркьа Инхо росдал 111 минаялъе зарал ккана. Гумбет районалъул бетӏер Хӏажимурад Мухӏамадовас бицана иххаз босун анин 12 транспорт, 50-ялдаса цӏикӏкӏун чӏегӏерхӏайван ва тӏабигӏияб балагьалъ гьабураб заралалъул мухӏканлъи жеги лъазабулеб бугин.\n«Росдал магӏишаталъеги ккана кӏудияб зарал. Цӏороца хвезабуна 153 гектар ракьалда ругел ахалгун хурзал, гьездаго гьоркьоб 144 гектаралда бугеб ахбазаналъул, мокьрол ахал, 1,5 гектаралда ругел цӏулакьодул ахал, 2 гектаралда цӏолбол ва цогидалги нигӏматазул ахал. Гъоркьа Инхо росулъ хвезарун рукӏарал лъел мухъал къачӏана. Участковияб больницаялдеги унеб нух тӏубанго хвезабун букӏана. Гьебги хехго къачӏана», — ян бицана Хӏажимурад Мухӏамадовас.\nГумбет районалъул росабазул гӏадамазул аслияб къагӏидаялъ бе-тӏербахъи букӏуна хур-ахалдалъун. Гьединлъидал, ккараб заралалъул\nхӏисабги гьабун, документал хӏадуризе ругин ва кумек гьабизеги кколин абун бицана ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Гьенибго рехсана росдал магӏишаталъе 36 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъуршил зарал ккун бугин абураб баянги.\nТӏабигӏияб балагь ккун хадуб, Гумбет районалде щвана ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул бетӏер Владимир Ивановги. Гьес бицана районалда лъел мухъал къачӏан ругин ва Рос-потребнадзоралъул управлениялъул тӏалабалда рекъон, гьекъолеб лъел хӏал-хӏукму лъазабун бахъинегӏан, Гъоркьа Инхобе гьеб машинабаз баччун щвезабулеб бугин. Гьализабун гурони лъим гьекъезе бегьуларин лъазабуна Роспотребнадзоралъул\nуправлениялъул нухмалъиялъги.\nДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажи-ибрагьимовасул баяназда рекъон, тӏабигӏияб зарал ккарал росабалъ бугеб ахӏвал-хӏал рукӏалиде ккезабун буго. «Киналго росаби хӏажатал дарабаздалъун хьезарун ва «А» гепатиталде данде прививка гьабизе кколел гӏадамал хӏисабалде росун руго», — ян бицана министрас.\nМЧСалъул ДРялда бугеб бетӏераб управлениялъул нухмалъулев Нариман Казимухӏамадовасги абуна районалда МЧСалъул къокъабазул хӏалтӏи лъикӏго гӏуцӏун ва тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда зарал ккарал гӏадамазе кумек гьабулеб бугин.\nЦӏунтӏа\nДРялъул транспорталъул ва нухлул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадовас бицана, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда Гумбет районалда ункъо батӏияб бакӏалдаса машинадул нухал хвезарун рукӏанин ва хехаб къагӏидаялъ гьел къачӏанин. Хадурккунги гьел кколеб хӏалалда къачӏазе ругин.\n«Гумбет районалда букӏараб нухал къачӏалеб техникаги Цӏунтӏа районалде бачана. Гьениб цӏакъ захӏматаб хӏал буго. Лъабго бакӏалдаса ччукӏун ун рукӏана нухал, хвезабун букӏана Агъвали-Шаури-Кидеро шагьранухги. Къачӏалел руго Цӏунтӏа-Мокъокъ шагьранухги», — ян бицана Ширухан Хӏажимурадовас.\nЦӏунтӏа районалъул бетӏер Шамил Мухӏамадовасул баяназда рекъон, 7-10 маялда рарал цӏадаз хвезабун буго кинабниги 16 кьо.\n«Цӏикӏкӏараб зарал ккана Кидеро росдал администрациялде гьоркьобе унеб ункъо росдае. Кидеро-Мокъокъ шагьранухлул 400 метралъул манзилалда нух ччукӏун ун буго. Тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда бегана токалъул вышка. Районалъул 26 росулъ букӏинчӏо ток. Жакъайин абуни, киналго росаби токалдалъун хьезарун руго. Тӏабигӏияб балагьалъ гьабураб заралалдаса хадур гьарурал хӏалтӏабазулъ гӏахьаллъана 2000 чи. Цереккунисел баяназда рекъон, Цӏунтӏа районалда тӏабигӏияб балагьалъ зарал гьабун буго 157 минаялъе», – ян бицана районалъул бетӏерас.\n— Гьеб киналъулго мухӏканаб хӏисаб-суал гьабизе ккола. Гьединал бакӏазда бихьула нухмалъулезул бажариги, жигарги, хӏалтӏудехун бугеб бербалагьиги, — ян кӏалъана ДРялъул бетӏер. — Видео-конференциялъул кумекалдалъун халгьабулеб буго киб цӏикӏкӏун зарал ккун бугебалиги, кинаб рахъалде техникаги къуватги битӏилебалиги. Кумек гьабизе буго республикаялъул нахъраталилаб фондалдасаги. Амма нужецаго гӏадин нужер хӏалтӏи гьабизе къватӏиса чи вачӏунаро. Щивасдаса тӏалаб гьабизе буго хӏалтӏул хӏасилги. Нилъеца бизнесалъулги, администрациялъулги, жамгӏияталъулги къуват цолъизабизе ккола.\nЦӏумада ва Бежтӏа\nЦӏумада районалда рарал цӏадаздаса хадуб, хӏухьбахъиялъул ахал ччукӏун ун гуреб, кӏудияб зарал ккечӏин бицана районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас.\nБежтӏа участокалъул бетӏер Тажудин Нажмудиновас бицана муниципалитеталда рарал чваххунцӏадаз иххал рахъинарунин, Гьинухъ габурлъиялдасан унеб нухги гьабсагӏаталда къан бугин. Нух къачӏаялъул хӏалтӏаби унел руго гьабсагӏаталда.\n«Киназго гьабизе ккола къварилъи ккаразе кумек. Рагӏабаздалъун гуребха, ишалдалъун. Цӏунтӏа районалда нух къачӏалев тракторист вихьана. Дида бицана гьев чи къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏулев вугин. Гьеле гьединал гӏадамаз ккун буго Дагъистан. Гьединаздаса мисалги босун хӏалтӏизе ккола нилъги», — ян лъазабуна Владимир Васильевас.\nГоро-цӏад\nГьал къоязда хехаб чваххун цӏад ва горо-цӏер бана Лаваша, Хунзахъ, Гӏахъуша, Дахадаев, Дербент ва Гъаякент районазда. Социалиял гьиназда тӏиритӏун ругоан Лаваша районалда бараб цӏулакьоялдаса чӏахӏияб горо-цӏералъ машинабазул цӏурдул ва минабазул шиферал гъуризарунин рихьизарулел видео ва суратал. Дагъистаналда бугеб МЧСалъул бетӏераб управлениялъул баяназда рекъон, гӏадамасул сахлъиялъе зарал ккараб хӏужа гьечӏо.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4561-khasab-pikru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4561-khasab-pikru", "title": "Хасаб пикру", "date": "2019-05-20 11:56:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул букӏинеселъе гӏоло\nЗаман щун буго цолъизеги гъункизеги\nХвел гьечӏеб полк ургъана халкъалъ – 2012 соналда Сибиралдаса патриотазда ракӏалде ккана гьеб тадбир гӏуцӏизе. Тӏоцебесеб нухалда гьелъул хӏакъалъулъ пикру загьир гьабуна Тюменалдаса пенсионерас. Томскалдаса журналистазул хӏаракаталдалъун гьеб пикру машгьурлъана ва тӏибитӏана. Амма гьеб иш унго-унголъунги халкъияблъун лъугьиналъе квербакъана Гӏаммаб Россиялъул жамгӏияб фронталъ. Ахирги гьеб иш кодобе босана федералияб власталъ. Гьенисан гӏуцӏараб лъазабиялда рекъон, гьукъана Сталинилги Кӏудияб Ватӏанияб рагъул цо-цо церехъабазулги суратал тадбиралда хӏалтӏизаризе.\nДунги гӏахьаллъана «Цогояб\nДагъистан» абураб гӏуцӏиялдаса кӏинусго гьалмагъгун цадахъ Хвел гьечӏеб полкалъул тадбиралда. Багӏарараб бакъукь сагӏаталдасаги цӏикӏкӏараб заманалда эхетизе кканиги, гьениб букӏана байрамалъулаб хӏал. Халкъ ана Магӏарул театралдехун ва гьелдаса хадуб рикьа-\nриххана. Митингалдаги концерталдаги дагьав гурони чи хутӏичӏо.\nЦо-цояз гьикъизе бегьула кинаб пайдаха ккарабин майданалдаса театралде щвезегӏан рилълъиналъулин абун? Гьел ритӏаралги рукӏинаан. Битӏараб бицани, дир ихтияр букӏарабани, гьеб акция дица хӏалтӏизабилаан батӏиял мурадазе гӏоло. Лъалеб букӏахъе, нилъер халкъал (Россиялъулги Дагъистаналъулги) лъугьун руго пикрияб, ай психологиялъул ва культурая-лъул, лъайкьеялъул ва экономикаялъул, балъгояб рагъул объекталлъун. Гьединаб рагъалда абула «гибридиябинги». Гьединаб рагъул\nхӏасилалда нилъ махӏрумлъула нилъерго хаслъиялдаса (культураялдаса, мацӏалдаса, интеллекталдаса), нилъерго сурсатаздасаги лъидаго рачӏеллъун хутӏиялдасаги. Гьеб кинабго гьабула щибго гӏедегӏел гьечӏого ва гьединлъидал гьел хиса-басиял хутӏула гӏадамазда лъачӏогоги.\nЛъицаха гьабулеб бугеб гьеб «рагъ»? Гьеб гьабулеб буго компрадорияб Россиялъул олигархаз ва гьезде гӏагараб политикиябги, культуриябги, информациялъулабги элитаялъги, гьезул рахъкколел журналистазгун экспертазги. Патриотизмалъулги бицунаго, халкъги махсараде кколаго, нилъее кӏиго моцӏалъ хӏалтӏунцин щолареб харж цо къоялъги босун, халкъ махсараде кколел гӏадамаз. Гьебго заманалда гьез жидерго ишал рекъезарула Бакътӏерхьул улкабазда (дора руго гьезул лъимал, гӏарац ва мулк). Хӏакъикъаталдаги, гьеб кинабго «патриотияб» къокъаялъ гӏумруялде бахъинабула Россиялда бугеб СШАялъулги Великобританиялъулги колониалияб администрациялъул политика. Гьезул божарал чагӏи руго улкаялъул президентасул администрациялдаги.\nГьеле гьединал суалал кьечӏого рукӏине, ургъун буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда жидее гӏоло бергьенлъаби росарал игӏланал хӏалтӏизаризе гьукъараб «Хвел гьечӏеб полкалъул» уставги; бегьуларо митингалде рахъине, нилъер халкъазулгун балъгояб рагъ гьабиялъул суалазул хӏакъалъулъ бицунги. Бегьула гӏицӏго гӏагарал чагӏазул сураталги кодор ккун, «Гьура! Гьураян» ахӏизе.\nНиж, рехсараб уставалъул къорикьа кинниги рорчӏиялъул мурадалда, театралъул майданалдасаги рилълъана Ленинил Комсомола-лъул цӏаралда бугеб паркалде – Даимаб цӏадухъеги Цӏар лъаларев солдатасе бараб памятникалъухъе-ги щвезе. Ниж – «Цогояб Да-гъистан» абураб ахӏиялъ цолъизарурал ва Пачалихъияб Думаялда гъорлъе инчӏел партиязул вакилзабиги (Россиялъул захӏматалъул партия, Росу цӏилъизабиялъул партия, Россиялъул патриотал), Казбек районалдаса «Алмахъ» абураб жамгӏияталъулги, «Халкъазда гьоркьосеб бригада» ДРООялъулги, Шоферзабазулги предпринимателазулги лъидаго рачӏел профсоюзазулги церехъаби – кинавниги лъабнусгогӏанасев чи. Бажарулаан, жеги гӏемер чи къватӏиве вахъинавизеги, амма «Хъахӏаб ру-къалъ» малъана, «цӏакъго хӏаракат гьабугеян» абун. Лъуна памятникалда цере тӏугьдулги, рахъана ракӏалдещвеялъе сураталги, бицана цолъизеги гъункизеги къваригӏун букӏиналъул хӏакъалъулъги, щайгурелъул Дагъистаналъе захӏматал къоял жеги цере руго.\nКидаго гӏадин, «цӏодорлъи» гьабуна полициялъги. Цин гьез Северияб посталда чӏезавуна «Алмахъ» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул анкьго вакил – туснахъ гьарурал ДРя-лъул МВДялъул офицерал, вацал Гӏашикъовазул сураталгун рачӏунел ругин багьанаги батун. Ахӏизе ккана полициялъулазухъе ва гӏицӏго ункъо сагӏаталъул гара-чӏварияздаса хадур эркен гьаруна гьел.\nПаркалда рукӏаго, нижехъе вихха-\nхочун вачӏана Советский РОВДя-лъул начальник: цӏакъго «цӏодорав» полициялъулас лъазабун батизе буго, гьениб вацал Гӏашикъовазул рахъккун, митинг тӏобитӏулеб бугин. Гьеб бакӏалдаго гьес байбихьана «дагьалъ цевегицин Хъахӏаб рокъов хӏалтӏулев вукӏарав» диде семизе «гьединаб иш гьабунилан ва гьелда гӏахьаллъулев вугилан» абун. Хадуб гьес буюрухъ кьуна гьав-дов кквеян, сверункъаян, щивниги къватӏиве виччагеян абун.\nДида бичӏчӏана, гьесухъе гьересиял баянал кьун ругеблъи ва хӏалбихьана, гьаниб митинг гьечӏин, гӏадамал рокъоре тӏадруссунел ругин ва цо-цоял гьеб ишалда гьоркьор рукӏинего рукӏинчӏин гьесда бичӏчӏизабизе. Гьес жаваб гьабуна, «отделалда кинабго баянлъила…» абун. Лъикӏ бугоха. Гьаризе ккана гӏолохъабазда, сабру гьабеян, гуреб-ани, гьезде гӏунтӏизабилаан «власталде дандечӏей гьабиялъул, хӏатта полициялъулал рухиялъулгицин» гӏайиб. Анцӏгониги къуватав бихьинчи вачун ана РОВДялде. Дунги даргияв Абакар Къурбанисмагӏиловги ине ккана гьезда хадурго отделалде. Талихӏалъ, полициялъул гӏакъилаб нухмалъиялда бичӏчӏана, хӏакъикъат кинаб бугебали.\nКинаб хӏасилха гьабураб гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб? Гьайгьай, гӏиси-бикъинал дагӏбаялги кӏочон тун, цолъизе ккола. ДРялъул МВДялъ некӏого хӏалтӏизабулеб буго, такъсир гьабилалдего тами-хӏалде цӏалеб къагӏида, цо щиб букӏаниги гьабизе гуринги абун. Низам хвезабиялъул хӏужа ккелин абунцин гуреб, тӏадегӏанаб нухмалъиялъе бокьичӏеб иш ккезе гурин яги гьезухъа ругьел бачӏанин абунги. Гьелъие руго гӏурал мисалал. Машинаялда жанир вацал Гӏашикъовазул суратал ратанин абун, ичӏабилеб маялда Казбек районалдаса гӏолохъаби кквейги, «Цогояб Дагъистан» абураб акцияги. Ракӏалдещвезаризе бегьула анцӏ-аза-зар дагъистанияв, динияб бербалагьи сабаблъун, хасал сияхӏазде росиги. Щибниги такъсирияб иш гьабичӏониги, гьезул рукӏуна гӏемерал масъалаби: я росулъ, яги шагьаралдаса къватӏире рахъине толаро, я хӏалтӏуде лъугьине рес кьоларо. Гьебго сияхӏалда рехсезе бегьула 2016 соналда Шамил районалда чӏварал вацал Хӏасанхӏусеновалги гьеб такъсир гьабуразе низам гьабунгутӏиги.\nДир пикруялда, республикаялъул нухмалъиялъул чӏахӏиялги гьоркьохъелги кабинетазда кидаго кӏочонел руго улкаялъул Аслияб законги хвезаризе рес гьечӏел Дагъистаналъул къануналги. Заман щвечӏодай, гьедин гьабизе бегьуларин абун гьезда ракӏалдещвезабизе?\n«Хвел гьечӏеб полкалъул» хӏакъалъулъ абуни, цебетӏезабизе ккола гьадинаб пикру. Гӏицӏго ветераназулги рагъул гӏахьалчагӏазулги суратал рихьизари гуребги, халкъалъулгун гьабулеб балъгояб ра-гъул масъалабазул хӏакъалъулъги бицине ккола гьелда. Заман щун буго – Дагъистаналъулги тӏолабго Россиялъулги букӏинеселъе гӏоло – цолъизеги гъункизеги.\nДенга Халидов,\nРоссиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул президиумалъулги ДРялъул Жамгӏияб палатаялъулги член"}
{"slug": "4562-gardukh-anl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4562-gardukh-anl-i", "title": "Гьардухъанлъи", "date": "2019-05-20 11:58:57", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏетӏ базабулареб бизнес\nЖидерго яхӏ-намус хӏатӏикье рехаразул пиша\nСоветияб заманалда гьардухъ рахъин рикӏкӏунаан ничаб ишлъун. Цебе, хӏалтӏизе бокьуларел чагӏийиланги абун, гьардухъабазе гӏадлу гьабулаан, бадибчӏвай гьабун нечезарулаан. Жакъа гьездехун дагӏба гьабулев чи къанагӏатги вукӏунаро. Дагъистаналда, хасго Махӏачхъалаялда гьардухъабиги цӏакъго гӏемерлъун руго. Гьел руго базаразда, мажгитазда аскӏор, больницабазул кӏалтӏа, шагьранухазда… Гьаниргӏан гӏемер гьел гьечӏо я Краснодаралда, я Ставрополалда, я мадугьалихъ ругел цогидал республикабаздаги. Россиялъул законазда гьечӏо гьардухъ вахъарав чи тамихӏалде цӏалеб статья. Амма РФялъул №151 статьяялда рекъон, санаде рахинчӏел гьардухъанлъи гьабизе тӏамурасе гьабизе бихьизабун буго кьварараб тамихӏ. Квеш ккараб жо буго гьеб закон кагътидаго хутӏун букӏин.\nДагъистан буго, аслияб куцалда, бусурбабаз гӏумру гьабулеб республика. Нилъер гӏадамалги руго къварилъи ккарасе кумекалъулаб квер бегьизе хӏадурал. Нилъераз гьардухъанасе садакъаги кьола. Халкъалда гьоркьоб гьабураб цӏех-рехалъ бихьизабуна дагъистаниязул 51 проценталъ гьардухъанлъи гьаби какулеб гьечӏолъи ва гьезие садакъа кьолеб букӏин. 37 проценталъ рикӏкӏунеб буго гьеб гьукъизе кколин. Гӏицӏго 14 проценталъ кьолеб гьечӏо гьединазе беццаб шагьи.\nКин батаниги, нилъер ракӏгурхӏула мина бухӏаразда, рагъ-кьалалдаса лъутун рачӏаразда, къварилъиялде ккаразда… Нуцӏидаги кӏутӏун гьардезе вачӏарав нахъе къотӏиги къана гӏатаб жо буго. Масала, къойида жаниб шагьаралда гьардухъанасе, гьоркьохъеб къагӏидаялъ, щолеб буго 500-5000 гъурущ. Тӏубараб къоялъ хӏалтӏуда рукӏунел гӏемерисел дагъистаниязда макьилъцин бихьуларо гьединаб харж. Гьаниб бачӏунеб буго суал: цеве ватарав гьардухъанасе садакъа кьей лъикӏлъи, ай Аллагьасе бокьулеб гӏамал гьабиго бугодайин абураб. Нилъецаго гӏемерлъизарулел гьечӏодай гьардухъабазул къокъаби?\nМахӏачхъалаялъул мажгиталъул имамас рузман къоялъ гьабураб вагӏзаялда абуна: «Республикаялъул шагьаразул мажгитазул кӏалтӏаги чӏун, гьардолел чагӏи цӏакъго гӏемерлъун руго. Рузман ва байрамкъояз гьардолез мажгитал битӏахъе сверунккун рукӏуна. Масала, щибаб рузманкъоялъ «яцалъе операциялъе кумек гьабе» абун тӏад хъвараб ящикги цебелъун, гьаб мажгиталъул кӏалтӏа вукӏуна хъахӏаб горде ретӏарав гӏолохъанчи. Дица гьесда гьикъана, яцалъе щиб къварилъи бугебилан. Операция гьабизе кколеб хӏалалда унтун йигин жаваб кьуна гьес. Дур яцищ гьейилан цӏехедал, гурин абуна, диналъул яц йигила. Диналъул яцалъе гӏарац бакӏаризе мун гьелъул гӏага-божарав чийищ кколевин абун гьикъидал, магӏна-гӏин гьечӏел жал рицине лъугьана. «Яцалъе» кумек къваригӏун батани, дида аскӏове вачӏа, яги гурхӏел-рахӏмуялъулал фондазде а, гьез гьабула кумекилан малъана. Москваялде яги Санкт-Петербургалде ячун, операция гьабизе кколеб хӏал батани, дун ина сахлъицӏуниялъул министрасухъе квота кьеян гьаризеян абидалги, добго хабар бицана. Гьагъав ккола жиндиего бизнес гьабулев чи. Гӏемерисел гьардухъаби гьеб тайпаялъул руго, гьединал чагӏазе садакъа кьеян дица абиларо. Нужеца бокьани кье, бокьичӏони кьоге», — ян.\nМахӏачхъалаялъул маххул нухлул вокзалалда ятарай гӏаданалъ, 100 гъуруш кьедал, гьадин бицана:\n— Дун йиго тажикай. Дида цӏар буго Насиба. Лъабабилеб сон буго ниж гьаб пишаялде руссун ругелдаса. Гьаниб бугеб гьава-бакъ нижее дандеккола, гӏадамалги руго лъикӏал, садакъа кьолел. Дица Тажикистаналда бугеб гӏагарлъиялъегицин кумек гьабула, — ян.\n— Цӏализе, хӏалтӏизе бокьилинго кколарищ?\n— Цебе кколаан, гьанже кколаро. Дун гьаб пишаялде ругьунлъун йиго.\n— Мун «хӏалтӏудаса» нахъе гъолел чагӏи кколищ, полициялъулаз дагӏбаго балищ?\n— Цо-цо гьединаб квалквалги камуларо, нижер тӏалаб гьабулел хасал чагӏи рукӏуна, полициялъулалги кваназе кколелъулха.\n— Дагъистаналда халатбахъун чӏезе ракӏалда бугищ?\n— Квалквал гьабичӏого тани, киего инаро.\nАслияб куцалда, гьардухъаби рукӏуна шагьаралъул рагӏаллъабазда аскӏор ругел поселоказда рукъзалги ккун. Гьенибги букӏуна цӏогь, чороклъи, квешаб махӏ. Тохтур Мухӏамадов Муртазагӏалица бицухъе, къватӏиса рачӏарал гьардухъабаз нилъехъе росун рачӏине рес буго гьанир рукӏунарел рахунел унтабицин. Гьардухъабазе прививкабиги гьаруларелъул.\nНалогазулаб идараялъ къалмиде босизе бегьулеб цо мисалги рехсела. Германиялда хӏалтӏулев Магӏазов Владимирица бицана гьениб гьардухъанлъи гьабизе бокьарас шагьаралъул мэриялде кьезе кколила гьелъие изну гьарун гӏарза. Щивав гьардухъанасе бихьизабураб бакӏги букӏунила. Мэриялъул вакилас гьесухъе, пломбаги бараб, жанибе гӏарац рехизе каратӏги бугеб банка кьолила. Бакъанида, рокъове иналде, гьардухъан мэриялде ине кколила. Гьениб, хасав чияс, къоялъ щвараб гӏарац рикӏкӏунила, 30 процентги хӏукуматалъе тун, 70 процент гьесухъе кьолила.\nКибха бугеб нилъер миграциялъулаб хъулухъ, полиция, ГИБДД, шагьаразул администрациял, лъималазул ихтиярал цӏунулеб идара, санэпидстанция?! Гьаниб бачӏунеб буго цо гьадинаб суалги. «Берда цере ругел гьардухъабазе гӏадлу гьабун бажаруларел гьел идарабаз, жидедаго тӏадаб хӏалтӏи кингӏагидай тӏубазабула», — ян абураб. Гьеб суал нижеца кьуна миграциялъулаб хъулухъалъул хӏалтӏухъанасе. Гьес гьадин бицана:\n— Цо пуланаб бакӏалда гьардухъабазда тӏад протокол гьабулеб бугони, гьел лъутула цогидаб бакӏалде, цогидаб шагьаралде. Кквезе щваразухъги ратуларо документал. МВДялъул буго 29 чиясе бакӏ бугеб спецприемник, гьеб нижее гӏолароан. Гьанже нижеца рагьана 80 чиясе бакӏ бугеб спецприемник. Амма судалъул хӏукму гьечӏого къватӏиса рачӏарал гьардухъаби гьенире рачине нижер ихтияр букӏунаро. Документал гьечӏел чагӏазе судиясги кинха суд гьабилеб? Нижер ихтияр гьечӏо гьардухъан лъабгоялдаса цӏикӏкӏун сагӏаталъ кквезе, полициялъулазулги гъира букӏунаро гьезулгун хӏалтӏи гьабизе. Гьез гӏумру гьабулеб буго гӏарац кьун ккурал рукъзабахъ. Россиялъул ракьалда закон хвезабун гӏумру гьабулев чиясе рукъ кьей такъсир ккола, гьелъие бихьизабун буго административияб статья гуребги, «За организацию незаконной миграции» абураб статьяялда рекъон уголовнияб тамихӏ гьабизеги. Участкаялъулав полициялъулавгун ниж щола гьединал бакӏазде. Гьеб мина батула тӏоцебесеб группаялъул инвалидасда тӏад хъвараб. Гьабула протокол, амма судияс гьев пакъирасе щиб гӏадлу гьабилеб?\nГьардухъаби гӏемерлъиялъе аслияб гӏайиб полициялъул яги миграциялъулаб хъулухъалда ругезул гуро. Гьеб буго нилъер щивасул гӏайиб. Гӏемерисел дагъистаниял гурхӏел-рахӏму бугел рукӏиналъ квербакъулеб буго республикаялда гьардухъаби гӏемерлъиялъе, гьезул бизнес тӏегьаялъе.\nГьеб социалияб масъалаялда тӏад хӏалтӏулел экспертаз абулеб буго гьардухъанлъи кколила, рекъезабураб сагӏат гӏадин хӏалтӏулеб бизнес гуребги, рахъ-рахъалде бикь-бикьараб, лъикӏго гӏуцӏараб иерархия. Гьенир ругила жидерго «крестные отцы», «смотрящие», «солдатал» ва гӏадатиял гьардухъаби, Къокъго абуни, гьеб кколила гӏадатияб гуреб мафия. Гьеб цолъиялда гъорлъ рукӏунила миллионералги, наркодилералги, мухьдахъ гӏадамал чӏвалелги. Киналго гьардухъабиги гурила кколел мискинал, пакъирал, мина-къайи гьечӏел гӏадамал. Цо-цоял, басрияб-хвараб ретӏелги ретӏун, хӏалтӏуде гӏадин, гьардезе унила — цо чанго сагӏаталъ артистлъиги хӏан тӏадруссунила евроремонт гьабураб жидерго минаялъуве.\nКӏвар бугеб масъалалъун ккола гӏадамазул бадиб магӏу хулизабизе гьардухъабаз пайда босулел лъимал. Гьеб мурадалда гьитӏичал рикъарал лъугьа-бахъиналги ккола. Лъимал гогьдаризе, барщаризе лъугьинчӏого рукӏиналъе гьезие кьола макьу щвезабулеб дару, лъимгун жубазабураб гӏаракъи ва наркотикал. Хӏасил-калам, гьардухъабазухъ лъимал гӏумру гьабун гӏемер мехалъ хутӏуларо, гьезул къайи-свериялда лъимер ккола «театралияб реквизиталъулаб» къайи.\nЩибха гьабилеб? Гьабизе бегьулеб жо гӏемераб буго. Масала, кьочӏое босизе бегьула Германиялда гьардухъабазухъа налог босулеб къагӏида. Амма Дагъистаналда гьеб хӏалтӏи гӏуцӏун бажариги щакаб жо буго. Щайгурелъул гьардухъабазул суркӏиниса кваналел чагӏи гӏезегӏан ругелъул. Лъиеха бокьилеб жидерго гьабихъе бачӏунеб лъим къотӏизабизе.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "4563-posobiyal-va-bigal-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4563-posobiyal-va-bigal-abi", "title": "Пособиял ва бигьалъаби", "date": "2019-05-20 12:01:37", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Чӏваге дун, баба\nЭбелалъул тӏалаб гьаби – демографиялъул масъала тӏубаялъе хӏажатаб шартӏ\nРФялъул Федералияб Собраниялде гьабураб Хитӏабалда Владимир Путиница рехсана улкаялда демография лъикӏлъизабиялъе квербакъулеб цо чанго социалияб тадбир.\n2024 соналде щвезегӏан, улкаялда лъимал гьариялъул къадар цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда, президентасул пикруялда рекъон, гьаризе тӏадал тадбирал ккола:\n— лъимал хьихьулел хъизамазе пособие цӏикӏкӏинаби;\n— ипотекаялъул рахъалъан бигьалъаби гьари;\n— сакъатал лъималги тӏоцебесеб группаялъул инвалидал-лъималги хьихьулел хъизамазе пособие кӏицӏул цӏикӏкӏинаби.\nГьелде тӏадеги, лъабго ва цӏикӏкӏун лъимал ругел хъизамазе федералияб бюджеталдаса кьезе буго, ипотекаялъулаб кредит бецӏиялъул мурадалда, 450 азарго гъуруш, эркен гьаризе руго ракьул анлъго сотихалъухъ кьолеб налогалдаса ва гь.ц. Гьайгьай, гьел тадбираз лъикӏаб асар гьабила. Экспертазул пикруялда рекъон, демографиялъул политикаялде букӏуна кӏиго батӏияб бербалагьи: социалияб, ай лъимал ругел хъизамазул гӏумру бигьалъизабулеб ва демографиялъулаб, ай лъимал гьаризе гъирабазабулеб.\nУлкаялъул президентас рехсарал тадбиразда гьоркьоса бищунго лъикӏаблъун дидаго бихьула ипотекаялъулаб кредит бецӏиялъе кьолеб 450 азарго гъурушги мина базе ипотека кьейги. Мина баялъе кьолеб кредиталъул кӏудияб кӏвар букӏина росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазе ва гъирабазабила кьолеб 450 азарго гъурушалъги.\nУлкаялдаго гӏумру гьабулеб буго (2018 соналъул ахиралде) 68 млнгун 200 азарго бихьинчиясги 78 млнгун 700 азарго чӏужугӏаданалъги, ай 10 миллионгун щунусазарго чӏужугӏадан цӏикӏкӏун йиго бихьиназдаса. Социалияб статусалъухъ балагьичӏого, щияй чӏужугӏаданалъул анищ букӏуна хъизан гӏуцӏизе, лъимал ва лъималазулги лъимал хьихьизе. Гьелда рагӏи абизе бакӏги гьечӏо, рецц-бакъ гьабун гурони. Амма гӏумруялъул руго жиндирго законал ва тӏалабал. Гьел тӏуразаричӏони, инсанасул тӏолабго гӏумру кӏалагъоркье чӏвазе рес буго. Цо-цояз жигар бахъула цеве ватарав чиясулгун цадахъаб гӏумру гьабизе, щиб лъалеб икъбал ккезе бегьулин абураб пикруялда. Гьеб цадахъаб гӏумруялда «гражданияб ригьинилан» цӏарги чӏван, ай законияб къагӏидаялда кагъат босичӏого, ЗАГСалда хъвай-хъвагӏай гьабичӏого, гьарула лъимал. Гьезул тӏалаб-агъаз гьаби тӏалъуларо инсуда ва лъималгун улбулги жалго хутӏула. Буго цоги цӏакъ кӏудияб ва захӏматаб бакӏлъилъун жамгӏияталде тӏаде бегарабги масъала – ургьибе ккараб лъимер чӏвай (аборт гьаби). Рухӏчӏагоябщинаб жоялда тӏалъула жиндаго хадуб наслу тезе. Ургьибе ккараб лъимер чӏвазе гьукъун буго диназги – гьеб рикӏкӏуна кӏудияб мунагьлъун. Дунялалъул цивилизацияги медицинаги цебетӏураб заманалда бигьалъизе кколаан абортазул масъала тӏубайги. Чӏужугӏаданалъе рес буго, бокьичӏого ургьибе ккараб лъимер гьабизеги гьабун, больницаялдаго тезеги. Амма халкъалда гьоркьоб тӏибитӏараб пикруялъги, пачалихъалъ гьеб масъалаялъул тӏалаб гьабунгутӏиялъги квалквал гьабулеб буго гьелъие. Камулел гьечӏо, гьабураб параялъго жиндир лъимер чӏварал улбузда тӏасан уголовнияб дело рагьиялъул хӏужабиги. Масала, Б. Атакуловалъ жиндир лъимер рехана рощнол къолонибе – гьебги хасало! Гьитӏинав гьелъул вас цӏорон хвана. Судалда гьелъ бицана, жий эбел-инсукьа хӏинкъанин ва жиндир ресги букӏинчӏин лъимер хьихьизеян абун. Волгоград областалдаса С. Деминалъул букӏана, ригьнада гьечӏого, гьабураб анкьго сон бараб лъимер. Гьабуна кӏиабилебги ва, ведроялда жанибги лъун, гьеб гъанкъана. О. Пилипенко, лъимер гьабизе хӏарачӏван лъугьиндал, гӏадамаздаса гьеб хӏужа балъго гьабиялъул мурадалда, рекӏуна Москваялдехун унеб поездалда. Вагоналъул хӏажатханаялъуб гьабула лъимер. Гьебги рехула унитазалде жанибе. Гьединал мисалал цӏакъго гӏемер руго. Гьединлъидал, судалъул экспертаз гьабураб анализалда рекъон, эбелалъ жиндир лъимер чӏваялъул аслиял гӏиллаби кколел руго психологиябги материалиябги хӏал. Гьеб хӏалуцинабулеб аслияб шартӏлъунги гьез рехсолеб буго гражданияб ригьин, ай гьединаб ригьнада ругел эбел-инсул жавабчилъи букӏунгутӏи.\nЭкспертаз абулеб буго, гӏолохъанал улбузе материалиял шартӏал гӏуцӏани, лъимал чӏваялъул хӏужаби лъалаго дагьлъизе ругин абун. Гьединал шартӏаллъун рикӏкӏуна лъимаде йигей чӏужугӏаданалъе медицинаялъул кумек чӏобого чӏезаби (кинаб статусалда гьей ятаниги), декреталда йигеб заманалда гӏумруялъе хӏажатаб къадаралда пособие кьей ва цогидал социалиял бигьалъаби гьари.\nМухӏамад Къурбангӏалиев"}
{"slug": "4567-iskusstvoyal-ul-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4567-iskusstvoyal-ul-giadamal", "title": "Искусствоялъул гӏадамал", "date": "2019-05-20 12:19:34", "categories": ["lit"], "text": "Гӏумруялъул чӏвабзазул саринал\nРарал саназухъги саназул гвангъиялъухъги гьоболлъухъ…\nАпрелалда Махӏачхъалаялда, Магӏарул театралда кӏодо гьабуна Россиялъул ва Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Хӏабиб Хӏажиев гьавуралдаса 80 сонилаб юбилей. Рарал саналги саназул гвангъиги Хӏабибида баркизе рачӏун рукӏана гьесул гьудул-гьалмагълъи, гӏага-божарал, цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал ва цогидалги дагъистаниял. Юбилярасда байрам баркана Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги. Гьелъ бицана Хӏабибил творчестовоялъул, Магӏарул театралъе нухмалъи гьабулел соназ цӏубан бачӏараб гьесул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ. Гьединго гьесда байрам баркана республикаялъул миллиял театразул вакилзабазги Театралиял хӏаракатчагӏазул союзалъул нухмалъулев, Россиялъул халкъияв артист Айгум Айгумовасги.\n«Гӏагараб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏукмуялдалъун 30 соналъ Магӏарул театралъул директорлъун хӏалтӏарав Хӏабиб Хӏажиевасе кьуна «Миллияв бахӏарчи» абураб цӏар ва меседил медаль.\nМузыкалияб саламалдалъун гьесда шапакъат баркана Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачевас, Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзаевас ва Дагъистаналъул эстрадаялъул цогидал кочӏохъабазги.\nПагьму-гьунаралъул тӏогьазде лъурал сухъмахъаздасан\nХӏабиб Хӏажиев гьавуна 1939 соналъул 5 февралалда Чӏарада районалъул Гьачада росулъ. Школа лъугӏун хадуб, 1958-1959 соназда хӏалтӏана гӏагараб районалъул «Бергьенлъи» колхозалда. 1960-1964 соназда цӏалана Тбилисиялъул Ш. Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталда. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏизе лъугьана Магӏарул театралде. Дагьабго мехалда гьенивги хӏалтӏун, 1966 соналъул январалда Хӏабиб батӏияб хъулухъалде ана. Гьев хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялде. Гьебго соналъул маялда Хӏабиб Хӏажиев хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул театралияб хӏаракатчилъиялъул кӏудияв методистлъун. 1968 соналъул февралалде щвезегӏан гьенивги хӏалтӏун, гьес нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул ВЛКСМалъул обкомалъул культуриябгун массовияб секторалъе.\n1971 соналъул марталдаса хӏалтӏана ВЛКСМалъул обкомалъул пропагандаялъул отделалъул нухмалъулевлъун, цинги – Дагъистаналъул пачалихъияб филармониялъул директорлъун, Дагъистаналъул хоралъул гӏуцӏиялъул правлениялъул жавабияв секретарьлъун. Хӏалтӏана Хӏабиб Культураялъул министерствоялда цебе букӏараб республикаялъул гӏелмиябгун методикияб централъул директорасул заместительлъунги. Ахир-къадги Хӏабиб тӏадвуссана Магӏарул театралде. Гьеб букӏун батила гьесул рекӏел ахӏилъунги. 1977 соналъул январалдаса 1978 соналъул сентябралде щвезегӏан хӏалтӏана театралъул директорасул заместительлъун. Хӏабиб цӏалана Москваялда Тӏадегӏанал театралиял курсаздаги. 1982 соналда Хӏабиб Хӏажиевас байбихьана театралъе нухмалъи гьабизе.\nТеатралъе кьураб 30 сон букӏана гьесие рекӏел рохеллъунги, гӏумруялъул магӏналъунги, гӏагараб миллаталъул театралияб маданият цебетӏезабизе кӏвахӏ гьечӏеб хӏалтӏул хӏасиллъунги, ва, ахиралда, пагьму-гьунаразул тӏогьазде лъурал сухъмахъазул сверабилъунги.\nДоб заманалда ва гьанжеги магӏарул районазда ватиларо гьесул ригьалъул гьев лъаларев магӏарулав. Хӏабибие цӏакъго бокьулаан гӏолилалгун хӏалтӏизе. Кинаб хъулухъалда вугониги, гьес нух бахъулаан гӏолилазухъе. Масала, батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулаго, гьес тӏатинаруна пагьму бугел гӏолилазул цӏарал. Тӏоритӏана фольклориял байрамал. Дагъистаниязе жидерго маданияталъул хӏакъалъулъ бицана Ансалтӏасаги, Табасараналдасаги, Кубачиялдасаги, Гьоцӏалъаги ва цогидалги районаздаса ва росабалъа гӏолилаз. Доб мехалда республикаялъул культураялъул министрлъун вукӏарав Дибир Мухӏамадовас Хӏабибида «гӏолилазул культураялъул министрилан» абулаан.\nХӏабибил махщалил тӏогьлъун рикӏкӏинеги бегьула Р. Белецкоясул пьесаялда рекъон, гьес лъураб «Гӏолилал» абураб спектакль. Гьениб загьирлъана Хӏабибил режиссерасулабгун сценаристасул ва тарбиячилъиялъул махщелги. Гьабсагӏаталдаги гьабула гьес гӏолилазул тӏалаб. Хӏабиб ккола гьезул рухӏияв учительги насихӏатчиги. Гьев жакъаги хӏалтӏулев вуго Магӏарул театралда жамгӏияталъулгун бухьенкквеялъул рахъалъ директорасул заместительлъун.\nТалихӏалъул къатӏраби\nХӏабибида байрам баркизе дагъистаниял рачӏараб доб талихӏаб сордоялъ нугӏлъи гьабулеб букӏана гьесул гӏумруялде чвахулел талихӏалъул къатӏрабазе къин букӏине гьечӏеблъи. Тӏокӏабги щибха къваригӏунеб, талихӏ тӏегьазе ккани – гӏумру цадахъ арай хӏурулгӏиналъул гьуинаб гьимиги, гьеб гьимиялдаги нур базабурал васалги гьезулги лъималги, бокьулеб хӏалтӏиги, хӏалтӏул тӏадегӏанал хӏасилалги, хӏасил кьолеб сордоялъ данделъарал гьудулзабиги, гӏагарлъиги, гӏагараб театралъул коллективги. Берккелин хӏинкъараб талихӏалъул мицӏир бекизе теларин гьа балел Хӏабибил сабруялъги гӏадатлъиялъги пана гьарун рукӏана юбилеялде рачӏарал.\nГьеб гьедин бугин абулеб букӏана чӏарадисезул хоралъ ахӏулел даим къин гьечӏел кучӏдузги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4644-shkolazul-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4644-shkolazul-giumru", "title": "Школазул гӏумру", "date": "2019-05-27 10:35:35", "categories": ["deti"], "text": "Дир магӏарул мацӏ\nМахӏачхъалаялъул № 58 школалда тӏобитӏана магӏарул мацӏалъе сайгъат гьабураб тадбир.\n«Дир магӏарул мацӏ» абураб литературиябгун музыкалияб байрамалда гӏахьаллъана лъарагӏ миллаталъул цӏалдохъабиги. Гьезги магӏарул мацӏалда рикӏкӏана ва ахӏана магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул. Школалъул директорасул заместитель, магӏарул мацӏалъул учитель Муслимат Жамалудиновалъ гӏуцӏараб гьеб тадбиралда ракӏалдещвезаруна Магӏарул театралъул, гьанже чӏаго гьечӏел артистал Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, Басир Инусилов, Патӏимат Хизроева, театралъе кьучӏ лъурав Гӏабдурахӏман Магаев ва цогидалги.\nГьезул гӏумруялъул ва махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ цӏалдохъабаз хъван рукӏана докладалги рефераталги.\nГьединго школалъул жанахӏалъуб гӏуцӏун букӏана гьезул махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ бицунел суратазул выставкаги.\nМузыкалияв нухмалъулев Мухӏамад Гӏумаровас куцарал цӏалдохъабаз рихьизаруна магӏарул кьурдаби, ахӏана кучӏдул.\nКинаб байрамха букӏинеб магӏарул квен-тӏехалъул хӏалбихьичӏебги. Магӏарул кванил майданалда байрамалъул гӏахьалчагӏаз хӏалбихьана гӏатӏахинкӏазулги, хъухъанчадазулги, цӏурачадазулги.\nШколалда гӏемер тӏоритӏула рахьдал мацӏазе сайгъат гьарурал дандеруссинал."}
{"slug": "4645-chiakhiiyazdegi-bakhuna-mesed", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4645-chiakhiiyazdegi-bakhuna-mesed", "title": "Чӏахӏияздеги бахуна месед", "date": "2019-05-27 10:36:52", "categories": ["med"], "text": "Чара гьечӏого гьаризе ккола прививкаби\nМесед ккола бахунеб вирусазулаб захӏматаб унти. Лъималазул инфекциялъун рикӏкӏунеб букӏаниги, гьеб бахуна месед унтуда данде иммунитет гьечӏел бокьараб ригьалъул гӏадамазде. Лъималазде дандеккун чӏахӏиязе гьеб унти цӏакъ захӏмалъула.\nМесед унти бугев чиясда аскӏове прививка гьабичӏев чи ккани, гьесдеги унти бахинчӏого хутӏуларо.\nЛъабго гӏужалъул къагӏида\nТӏоцебесеб гӏуж (катаральный) байбихьула хӏалуцараб унтигун: бетӏер унтула, квен рихуна, макьу хола, цӏа-кан бахуна 39-40 градусалде, хӏалцен ва мегӏерччин щола. Гьелдаса хадуб чорхол хӏал лъикӏлъизе бегьула, амма цо къо гьоркьобги бахъун, цӏидасан унтула, цӏа-канги бахуна. Гьеб мехалда кӏаркьабазда жанисеб рахъалда хъахӏал тӏанкӏал лъугьуна.\nКӏиабилеб ккола тӏаде багӏарлъи бахъунеб гӏуж. Лъабго къоялъ дагь-дагьккун багӏарал тӏанкӏал лъугьуна черхалда. Тӏадерахъин бала цин гӏундузде нахъе, хадуб тӏолабго черхго цӏола. Бохдузде багӏарал тӏанкӏал ралеб мехалда мегӏерччин, хӏалцен ва магӏу чвахи цӏикӏкӏуна.\nГьелдаса лъабго-ункъо къо ун хадуб байбихьула лъабабилеб гӏуж, гьеб заманалда жаниб цебеккун тӏаде жо бан букӏарал бакӏал ракъвазе лъугьуна ва гьел рукӏараб бакӏалда сурукъал (пигментация) тӏанкӏал лъугьуна. Гьеб буго меседалъ унтарал сахлъулеб заман.\nМеседалдаса хадуб унтизе бегьула цогидал захӏматал унтабазги. Масала, месед унтул энцефалит (гӏадалнах гьорозабулеб); беццлъи; менингит, менингоэнцефалит ва полинефрит; ларингит ва ларинготрахеит (лъималазул хӏухьел цӏалел мащаби къварилъула ва хӏухьел цӏазе захӏмалъиялъ гъанкъизецин рес буго); гьуърул гьорой; отит. Месед унтуца туберкулезги багъаризабизе бегьула. Лъимаде йигей чӏужугӏадан месед унтуца унтани, ургьиб бугеб лъимер хола.\nУнтудаса цӏуниялъе сабаб\nМесед бахине рес буго гьелъул вирусалде данде прививка гьабичӏел яги гӏураб иммунитет гьечӏел гӏадамазде. Прививкаялъ месед унтудаса цӏунула. Гьединлъидал прививкаби гьаризе ккола.\nПоликлиникабазда гьарула тӏолгодунялалъул сахлъицӏуниялъул гӏуцӏиялъул тӏалабазда рекъон хӏадур гьарурал вакцинаби. Вакцинабиги гьарула профилактикиял прививкабазул миллияб календаралда рекъон. Лъималазде месед унти бахинаредухъ прививка гьабула лъагӏел ва анлъго сон базегӏан. Вакцинация жиндир заманалда гьабун букӏун батичӏони, чӏахӏиязеги кӏиго нухалда батӏа-батӏаго гьарула прививкаби, гьоркьоб лъабго моцӏги биччан. Цохӏо нухалда гурони прививка гьабун букӏинчӏел чӏахӏиязеги чара гьечӏого гьабизе ккола кӏиабилебги прививка. Кӏиябго нухалда прививка гьабуразул месед унтуде данде 95 проценталъул иммунитет лъугьуна.\n«Чӏагояб» вакцина гьабизе бегьуларо лъимаде ругел руччабазе, иммунитет загӏиплъарал гӏадамазе, унтаби хӏалуцараб мехалда, вакцинаялъулъ ругел жалазде данде аллергия бугони, цебехун гьабун букӏараб вакцинаялдаса хадур захӏматго унтун рукӏун ратани.\nИнфекция баккараб бакӏалда ругел киналго гӏадамал медицинаялъул хӏалтӏухъабазул бербалагьиялда гъоркь рукӏине ккола. Месед унтул вирусалде данде прививка яги гьеб цо нухалъ гурони гьабичӏел, цереккун месед унтиги бахун букӏинчӏел гӏадамал меседалъ унтаразде аскӏоре ккани, тӏоцебесеб 72 сагӏаталда жаниб хехаб къагӏидаялъ прививка гьабизе ккола гьезие. Месед унтуде данде прививка гьабичӏел, жеги прививкаялъул заманги щвечӏел лъималазе ва вакцинация гьабизе бегьуларезул чорхолъе инсанасул иммуноглобулин биччала. Гьебги унтарасда аскӏор рукӏаралдаса щуго къоялда жаниб гурони гьабуларо.\nЦо-цо мехалда, вакцина яги инсанасул иммуноглобулин гьабун хадубги баккизе бегьула загӏипабго месед унти (митигированная корь). Гьеб унтиялъулги рукӏуна меседилго гӏадал цо-цо гӏаламатал, амма гьеб бигьаго сахлъула.\nОРВИ яги бакьазул инфекциялъул бигьаяб формаялъ унтани, вакцинация гьабизе бегьула цӏа-кан гӏодобе ккарабго. Аллергиялъул унтаби ругезеги вакцинация гьабизе гьукъараб гьечӏо. Аллергиялъул унтаби ругезе цогидазеялдаса захӏмалъулелъул месед унти хӏехьезе.\nМесед унтуде данде прививкаби гьаризе бегьула нужерго поликлиникаялда чӏобого, участкаялъул тохтурасул бихьизабиялда рекъон.\nСакинат Атрачева,\nМахӏачхъалаялъул №9 поликлиникаялъул участковияй терапевт"}
{"slug": "4647-ege-2019", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4647-ege-2019", "title": "ЕГЭ — 2019", "date": "2019-05-27 10:43:21", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Щулаго къай рачел\nРФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул сайталда лъун буго исана кьезе ругел пачалихъиял экзаменазул расписание\nПачалихъиял экзаменал байбихьизе руго 27 маялда ва ахирисеб букӏине буго тӏоцебесеб июлалда. Амма гьеб заманалда экзамен кьун бажаричӏел цӏалдохъабазе рес кьолеб буго цогидал къоязда гьел кьезе. Гьел къоялги ккола 17 июналдаса тӏоцебесеб июлалде щвезегӏан.\nЕГЭялъул аслияб бутӏаялда экзаменал кьезе руго исана школаги колледжгун техникум (гьоркьохъеб махщалил лъайкьеялъул идара) лъугӏулел цӏалдохъабазги цересел соназда экзамен кьун бажаричӏел яги щварал хӏасилаздаса рази гьечӏел цӏалдохъабазги. Экзамен кьезе рес буго къватӏисел улкабазда лъайкьеялъул идара лъугӏизабурал гӏолилазеги.\nАслияб бутӏаялъул расписание\n27 май, итни: география, литература.\n29 май, талат: математика (базовиябги профилиябги даража).\n31 май, рузманкъо: история, химия.\n3 июнь, итни: гӏурус мацӏ.\n5 июнь, талат: къватӏисел улкабазул мацӏал (хъвавул бутӏа), физика.\n7 июнь, рузманкъо: къватӏисел улкабазул мацӏал (кӏалзул бутӏа).\n8 июнь, шамат: къватӏисел улкабазул мацӏал (кӏалзул бутӏа).\n10 июнь, итни: обществознание.\n13 июнь, хамиз: биология, информатика ва ИКТ.\nНахъраталил къоязул расписание\nБатӏи-батӏияб гӏилла сабаблъун, аслияб заманалда ЕГЭ кьезе рес ккечӏел цӏалдохъабаз экзаменал кьезе руго цогидаб мехалда. Масала, экзамен кьолеб къоялда унтун вукӏун ватани, цӏалдохъанас бихьизабизе ккола тохтурас кьураб кагъат (справка).\nРехсараб заманалда экзамен кьезе ихтияр кьола чарагьечӏого, ай аттестат щвезе ккани, кьолел экзаменазухъ кӏийилаб къимат щварал цӏалдохъабазеги. Гьединаллъун ккола гӏурус мацӏалъулги математикаялъул базовиябги экзаменал. Гьел экзаменазда бищун дагьаблъун чӏезабураб баллниги щвечӏони, аттестаталдаса махӏрумлъула.\nГьелго къоязда экзамен кьезе буго тӏасарищарал экзаменал цадахъ ккарал цӏалдохъабазги. Масала, биологиялъулги информатикаялъулги экзамен тӏасабищарав цӏалдохъанасухъа кӏиябго кьун бажариларо, гьел цо къоялъ рукӏиналда бан. Гьединлъидал цо экзамен кьезе буго аслияб заманалда, кӏиабилеб – цогидаб къоялъ. Тӏасабищараб экзаменалъухъ лъикӏал баллал щвечӏони, гьеб кӏиабизеги кьезе ихтияр щола гӏицӏго тӏасияб соналда.\n17 июнь, итни: география ва литература.\n18 июнь, талат: история ва физика.\n20 июнь, хамиз: биология, информатика ва ИКТ, химия.\n24 июнь, итни: базовиябги профилиябги даражаялъул математика.\n26 июнь, талат: гӏурус мацӏ.\n27 июнь, хамиз: къватӏисел улкабазул мацӏал (кӏалзул бутӏа).\n28 июнь, рузманкъо: обществознание ва къватӏисел улкабазул мацӏал (хъвавул бутӏа).\n1 июль, итни: киналго экзаменазул нахъраталил къо.\nЦоги нухалда кьеялъул заман\nСентябралдаги рес буго ЕГЭ кьезе. Гьелъие ихтияр кьола гӏурус мацӏалъулги базовияб даражаялъул математикаялъулги экзаменазухъ чӏезабураб бищун дагьаб балл щвечӏел цӏалдохъабазе.\n3 сентябрь, талат: гӏурус мацӏалъул пересдача.\n6 сентябрь, рузманкъо: базовияб даражаялъул математикаялъул пересдача.\n20 сентябрь, рузманкъо: базовияб даражаялъул математикаялъулги гӏурус мацӏалъулги пересдача."}
{"slug": "4649-nil-ergo-sakhl-i-nil-ekh-go-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4649-nil-ergo-sakhl-i-nil-ekh-go-bugo", "title": "Нилъерго сахлъи нилъехъго буго", "date": "2019-05-27 10:46:30", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏемерисеб бараб буго гьабулеб хӏалтӏудаги кваналеб кванидаги\nНилъеца гӏумру гьабулеб аман буго цӏакъ хӏалуцараб. Дандчӏвалел руго гӏемерал захӏмалъаби. Гьелдаго цадахъ нилъеца тӏаде цӏалел руго унтабиги, хасго хӏалкколеб буго нервабазде, рекӏеде. Гьеб киналдего данде кин къеркьезе кколебали нижеда бицана Москваялда бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул (РУДН) университеталда цебе бугеб мединституталъул нейрохирургиялъул ва нервабазул унтабазул кафедраялъул доцент Наида Гарабовалъ.\nАбизе бегьула гьей кколин тохтурзабазул хъизамалда гӏурай гӏаданилан. Гьелъул кӏудада, Мухӏамадтӏагьир Яхӏяев, кколаан медицинаялъул хъулухъалъул капитан, сахлъицӏуниялъул отличник, ункъгӏал Патӏимат Закарялова – тохтур-онколог, ДРялъул мустахӏикъай тохтур.\n— Тохтурлъиялде дир рокьи бижизабуна тохтур-невролог, дирго эбел Кариматица. Гӏадамал сах гьарулаго, гьелъ хӏалтӏизарулаан гӏадатиял гурел къагӏидабиги. Гьелда цӏакъ бичӏчӏулаан унтаразул хӏалги. Дица халкколаан эбелалъул хӏалтӏуда хадуб. Гьей хутӏана дие учительлъунги насихӏатчӏужулъунги. Мугъзагьодалъул унтаби гьелъ, бигьаго, гӏадатиял гурел къагӏидабиги хӏалтӏизарун, сах гьарулаан. Дарабигицин хӏалтӏизарулароан. Дида эбелалъ малъарабго гӏадин, гьанже дицаги малъула студентазда. Унтарасухъ халгьабулаго, кӏвар кьезе ккола гьуърузде, ракӏалде, тӏомоде. Гьелдаса хадуб гурони, дарабазулги сах гьариялъулги бицинего бегьуларо.\n— Жакъа гӏемер руго нерваби, бетӏер унтарал гӏадамал. Гьезул рекӏел хӏал хӏалуцахъего букӏуна, гӏемер къварилъахъдула. Гьединал унтарал рачӏунищ духъе?\n— Кидаго цого хӏалалда инсан вукӏунаро. Амма кидаго хӏалуцун рукӏани, унтаби нилъедаса бергьуна. Масала, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏуна, ботӏрол, чакрил унтаби лъугьуна, онкологиял унтаби лъугьинеги рес буго. Унти бараб букӏуна кванил низамалдаги нилъеца гӏумру тӏамулеб къагӏидаялдаги. Дагъистаналда абизе бегьула алжаналъул ракьилан. Гьенир киналго шартӏал руго сахлъи цӏуниялъе, ай бацӏцӏадаб гьаваги буго, тӏабигӏатги берцинаб буго. Цо-цо нухалда дида ракӏалде ккола щайдай нилъер гӏадамал унтулелилан. Нилъерго сахлъи нилъехъго гурищ букӏунеб? Гьелъие гӏурал шартӏал руго Дагъистаналда, бугелдаса битӏун пайда босулеб бугони. Тӏабигӏаталъе нилъеца баркалагицин кьезе ккола гьеб киналъухъго. Нилъер умумул гӏемер хӏалтӏулаан, дагь кваналаан, ай кванил низам кьучӏаб букӏана. Гьанжейин абуни, квен цӏакъго гӏемерлъун буго. Умумуз гьарулел рукӏарал гӏадал хӏалтӏабиги дагьлъун руго.\n— Наида, дида рагӏана Москваялда нужер рукъ кидаго гьалбадерил цӏун букӏунилаан. Нужеда лъаларел гӏадамалцин рачӏунел руго нужехъе…\n— Ригьнадул рахъалъ дие битӏккана. Абизе бегьула гӏадамал къабул гьари бугин нижер хъизамалъул гурхӏел-рахӏмуялъулаб проектилан. Гьединабго хъизамалда гӏедалха дунги. Эбелалъухъе рачӏунаан республикаялдасаго гӏадамал. Гӏадамазе кумек гьаби – гьеле дир гӏумруялъул магӏна.\nДида Москваялда гӏемер тохтурзаби лъалелъул, дихъе рачӏуна цогидал унтаби ругел чӏахӏиялги гӏисиналги. Унтарал къварилъахъдула, гьезда лъаларо кинав тохтурасухъе ва кире инелали. Гьединлъидал гьел дихъе рачӏуна, ва дица гьезул мурадги тӏубала.\n— Наида, гӏемер щолищ Дагъистаналдего?\n— Лъималазе цӏакъ бокьула Дагъистаналде щвезе. 15 соналъ Мокваялда йигониги, дунгоги ракӏалъ кидаго цӏала Дагъистаналде. Дир руго эмен, кӏудияй яц, вац. Гъира букӏуна киналго цадахъ данделъизе. Лъагӏалида жаниб кӏиго нухалда, риидалги хасалоги, щола Дагъистаналде. Бокьула лъималазда рахьдал мацӏ лъазеги, магӏарул гӏадатал-гӏамалазул бицинеги, лъимерлъиги, дие сундасаго хирияй эбелалда цадахъ тӏамураб заманги, гьелъ дие кьурал ва гӏумруялъ кидаго кумекалъе ратарал дарсалги ракӏалдещвезаризеги. Сугъралъ росуги ккола дие кӏудиябги гьитӏинабги ватӏанлъун, лъимерлъиялъул гъанситолъун.\n— Гара чӏвариялъул ахиралда щиб абилеб цӏалдолезда?\n— Тӏадюссине бокьун буго Гиппократихъе: гимнастика, упражнениял, кӏванагӏан гӏемер лъелго хьвади. Гьеб киналъго щула гьабула сахлъи.\nПатӏимат Расулова,\nМосква шагьар"}
{"slug": "4651-bagabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4651-bagabi", "title": "Багьаби", "date": "2019-05-27 10:54:56", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏалбиччанкъоялде хӏадурлъи\nХирияб къо хираго чӏела Лъикӏаб гӏамал гьабизе кколеб бакӏалда, багьаби «зодоре» рахинарулеб\nгӏадат лъугьун буго Дагъистаналда\nРамазан моцӏ бачӏиналъухъ балагьун чӏун рукӏуна дунялалъулго бусурбаби. Гьеб моцӏалъ щивав чияс хӏаракатги бахъула лъикӏал гӏамалал гьаризе. Амма камулел гьечӏо, гьеб моцӏалдаса пайдаги босун, жидерго напс цебе гьабулелги. Гьединаб хӏасил гьабиялъе гӏиллаги буго рамазаналъ, ургъунго гӏадин, кванил нигӏматал хира гьарулел рукӏин. Дагъистаналъул муфтияталъги щибаб санайил бизнесчагӏазде хитӏаб гьабула хирияб моцӏалъгӏаги кванил нигӏматал хира гьаричӏого тейилан. Амма…\n«Хирияб рамазан моцӏалъ нилъер щивасул рес буго лъикӏал гурел гӏамалаздаса ракӏал рацӏцӏад гьаризе. Щибаб соналъ, кӏалбиччанкъоялде, кванил ва цогидалги нигӏматазул багьа цӏикӏкӏинарулел рукӏин бихьула нилъеда. Гьелда бан, ДРялъул муфтияталъ гьарулеб буго даранчагӏазда, гӏадамазул рес гьечӏолъиялъухъги балагьун, багьаби рахинаричӏого тейилан. Салат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул хӏадисалда буго: «Аллагь тӏаса лъугьуна бичулелъул, босулелъул ва налъи кьолелъул сахаватлъи бихьизабурав чиясдаса», — ян. Гьадин хъвалеб буго муфтияталъул хитӏабалда.\nЩайха нигӏматал хиралъулел?\nКӏалккун моцӏ байбихьаралдасаго «зодоре» рахинарулел руго кванил нигӏматазул багьаби. Овощалгун пихъ босизе кӏолеб хӏалалдаго батуларо. Масала, помидоразул килограммалъул гьоркьохъеб багьа ккола 150-180 гъуруш, охцер – 100 гъуруш, гӏеч – 80 гъуруш, гени – 150-160 гъуруш, апельсин – 90 гъуруш, банан – 85-100 гъуруш.\nДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъул гьарурал цӏех-рехазда рекъон, маялъул лъабабилеб анкьида жаниб кванил нигӏматазул килограммалъухъ Махӏачхъалаялда гьадинал багьаби руго:\nхӏайваналъул гьан (кг) – 300 гъуруш;\nгӏиял гьан – 387 гъуруш;\nгӏанкӏудал гьан – 138 гъуруш;\nгургуралъул гьан – 335 гъуруш;\nччугӏа – 165 гъуруш;\nщарил нах – 534 гъуруш;\nсемечкадул нах – 98 гъуруш;\nмаргарин – 145 гъуруш;\nгӏакдал рахь – 73 гъуруш;\nханал (10 хоно) — 57 гъуруш;\nчакар — 46 гъуруш;\nчай – 954 гъуруш;\nханжу – 35 гъуруш;\nпиринчӏ — 54 гъуруш;\nкартошка – 28 гъуруш;\nцӏияб хъапустӏан – 62 гъуруш;\nпер – 37 гъуруш;\nламадур — 40 гъуруш;\nохцер – 108 гъуруш;\nпомидор – 156 гъуруш.\nДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъ моцӏалъ цебе гьабун букӏараб хӏасилалъухъ балагьани, кванил нигӏматазул гьоркьохъел багьаби цӏакъго хисун гьечӏо, цо-цо нигӏмат кепказ, цогидал — цо-кӏиго гъурушалъ хиралъун руго. Амма базараздасаги тукабаздасаги нигӏматал росулел гӏадатиял гӏадамазда бихьулеб буго рамазан моцӏалъ багьаби, кидаго гӏадин, рахинарун рукӏин.\nЛъидаха бугеб гӏайиб?\nРичарухъабазда гӏилла цӏехедал, гӏайибиявго ватуларо. Жидецаги нигӏматал росулезухъа гьел хираго росулин, гьединлъидал жидеда бараб жо гьениб букӏунарин абула гьез. Москваялдасаго рачӏунин нигӏматал хира гьарунин абула даранчагӏазги. Рачӏаха гӏадатиял гӏадамаз бицунелъухъ гӏенеккизе:\nГӏайшат: «Гьабсагӏат кинабго жо хиралъун буго. Цебе бащдаб кило жаниб бугеб чамасдакӏалъул къвачӏа 70-90 гъуршиде щолеб букӏун батани, рамазан моцӏ байбихьаралдаса 150-160 гъуршидаса гъоркьего ккечӏо».\nПатӏимат: «Цо-цо хъизамал кӏал биччазе гӏурал нигӏматал росизе рес гьечӏого рукӏуна. Гьебго заманалда щибаб шагьаралда, ай мажгитазда цере рагьун рукӏуна, кӏал биччазе киридахъ гӏадамал кваназарулел бакӏалги. Гӏадамазе кӏал биччазе гьединал бакӏал гӏуцӏулелги базаразда багьабиги рахинарун кванил нигӏматал ричулелги республикаялда гӏумру гьабун ругел бусурбаби гурищ кколел? Багьаби рахиналъулъ жидеда гӏайиб гьечӏеб гӏадин кӏалъала ричарухъаби. Хӏакъикъаталдайин абуни, гьел руго гӏайибиял, ай жидеего хайир гьабулел чагӏи».\nМадина: «Нилъеца ричарухъабазде гӏайиб рехула, гьез – къайи чӏезабулезде. Амма нилъерго гьаниб гӏезабулеб нигӏматгӏаги щайха хира гьабулеб? Гьанги къватӏисайищ бачӏунеб республикаялде?»\nМурад: «Багьаби рахинариялъе гӏайибияллъун руччаби кколин рикӏкӏуна дица. Хӏажат бугелги гьечӏелги нигӏматалги росун, кӏалбиччанкъоялъ лъицаго кваналареб гьуинлъиялъул стол цӏезабула гьез. Налъи гьабунцин босулеб буго стол «къачӏазе» батӏи-батӏияб нигӏмат ва бикьизе жо. Гӏадамаз босулеб бугелъул, ричарухъабазги хираго бичиларищха».\nКӏалбиччан къоялъул байрамалде лъималазе рикьизе нигӏматал росулелъул, цо-цо заман арал нигӏматалги ричун ратула. Хирияб къоялде гӏедегӏун къайи босулел гӏадамаз нигӏматал гьарураб заманалъул халгьабуларелъулха. Гьелъул жаваб Бетӏергьанасде цере рахъараб къоялъ кин кьезе бугебали дида лъаларо. Аллагьасда божулел чагӏаз гьединаб жоги гьабилищха.\nКавказалъул цогидал республикабазда ва цо-цо пачалихъазда щиб хӏалха бугеб?\nИнгушетия\nДагьал церегӏан къоязда, Ингушетия республикаялъул бетӏер Юнус-Бек Евкуровас, рамазан моцӏалъ базаразда кванил нигӏматазул багьабазул бицун тӏобитӏараб данделъиялда лъазабуна базараздагун ярмаркабазда багьаби рахине тезе гьечӏилан. Бусурбабазе хӏажатаб нигӏматалъухъ багьа гӏодобегӏан гьабиялъул мурадалда, базаразда ричарулезухъа ижараялъухъ кьезе кколеб гӏарац кӏалккун моцӏалъ босичӏого тезе бугинги хъван буго гьес Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда. Гьединго, Евкуровас шагьаразул ва районазул администрациязул бутӏрузда тӏадкъана ресукъал хъизамазул сияхӏ гьабейин ва гьезие гьабураб кумекалъул хӏакъалъулъ щибаб анкьида жаниб Интернеталдасан хӏисабги кьейин.\nЧачан республика\nЦогидал республикабаздаго гӏадин, Чачаналъги рамазан моцӏалъ цо-цо нигӏматал хира гьарун ругин бицунеб буго социалиял гьиназда. Масала, 290 гъуршиде бичулеб букӏараб хӏайваналъул гьан, кӏалккун моцӏалда 400 гъуршиде бахинабун бугила. Кванил нигӏматазул багьаби рахинариялъул хӏужаби ругищали цӏех-рех гьабулеб бугин республикаялъул прокуратораялъин хъвалеб буго «Грозный» телерадиокомпаниялъул сайталда.\nТажикистан\n2017 соналда, Тажикистаналъул тахшагьаралъул мэр Рустам Эмомалица, рамазан моцӏалда нигӏматазухъ багьаби хира гьарунин абун, хӏалтӏудаса рехана кӏиго базаралъул директор. Гьелдаса цебеги, тахшагьаралъул мэрас ричарухъаби эркен гьарун рукӏана рамазан моцӏалъ базаразул администрациялъе ижараялъухъ гӏарац кьеялдаса. Амма рамазан моцӏалъул тӏоцебесеб къоялъго нигӏматазухъ багьаби кӏиго нухалъ цӏикӏкӏана. Гьеб мехалдаги, базаразда жанир киса-кирего чӏвана пихъилгун овощазул букӏине кколеб гьоркьохъеб багьаялъул бицунел стендал. Багьабазда хадуб халкколеб букӏана шагьаралъул администрациялъ гӏуцӏараб хӏалтӏулаб къокъаялъги. Квеш-лъикӏ багьаби цо хӏалалда чӏезаризе кӏвана, амма цо-цо нигӏматал базаралдаса тӏубанго тӏагӏана, цогидал нигӏматазулги даража гӏодобе ккана. Лъикӏаб нигӏмат босизе къваригӏаразейин абуни, базаргабаз нахъе бахчараб нигӏмат бичулеб букӏана, амма кӏиго багьаги абун. Гьеб хӏужаялдасанги бихьулеб буго, рамазан моцӏалъ багьаби хиралъиялъул иш лъида бараб бугебали. Хъантӏарав чи, ракьул чохьонив лъуниги гӏорцӏуларин абулаан умумуз. Аллагьас цӏунаги гьеб хъантӏиялдаса.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4652-khiezh-2019", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4652-khiezh-2019", "title": "Хӏеж — 2019", "date": "2019-05-27 10:56:23", "categories": ["history"], "text": "8600 чиясе бакӏ\nХӏежалде ине хӏадурлъиялъе гьаризе ругел хӏалтӏаби байбихьиялъул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас тӏобитӏараб данделъиялда. Исана Дагъистаналдаса хӏежалде ине вуго 8600 чи. Нухазда бугеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалда бан, аслияб къагӏидаялда, гьенире ине руго самолетазда.\nКъватӏибе бачӏун буго «Хӏежалде хӏадурлъи — 2019» абураб ДРялъул бетӏерав санитарияв тохтурасул хӏукмуги.\nДанделъиялда гӏахьаллъана ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул рахунел унтабазда хадуб халкквеялъул отделалъул начальник Ирина Алжанбековаги.\nСагӏудиязул Гӏарабиялъул къираллъиялъул тӏалабаздалъун киназулго рукӏине ккола вакцинациял гьарурал сертификаталги.\nХӏежалде щвараб мехалда, гриппалде дандеги гьабизе кколеб буго вакцинация.\nРахунел унтабазде данде вакцинаби гьаризе ине ккола С. М. Шихсагӏидовасул цӏаралда бугеб рахунел унтабазул республикаялъулаб централде.\nЦентралъул адрес: Махӏачхъала шагьар, Шихсагӏидовасул къватӏ, 43."}
{"slug": "4653-khiukhbakh-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4653-khiukhbakh-i", "title": "Хӏухьбахъи", "date": "2019-05-27 10:58:42", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏадлу гьабизе буго\nЛагеразул хӏалтӏухъабазул халгьабизе тӏаде босана МВДялъ\nДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъулги Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъулги хӏаракаталдалъун 22 маялда тӏоритӏана хӏухьбахъиялъулгун сахлъицӏуниялъул лагеразул хӏалтӏухъабазе дарсал.\n«Солнечный берег» абураб республикаялъулаб лъайкьеялъулгун сахлъицӏуниялъул централда тӏоритӏана мастер-классалги лекциялги. Гьел дарсал кьуна МЧСалъул экспертаз.\nРиидалил каникулазул заманалда лагеразде рачӏарал лъималазул гӏумруялъе хӏинкъигьечӏолъи букӏинабиялъул бицунаго, ДРялъул вице-премьер – лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ лагеразул хӏалтӏухъабазда абуна, цебеккун лъазеги гьабичӏого, министерствоялъул вакилзаби щвезе ругин киналго лагеразде. «Нагагьлъун гьенир тохтурзаби яги цогидал махщелчагӏи ратичӏони, гӏадлуги гьабизе буго. Гӏагарав чи хун вугин яги вацасе ригьин гьабулеб букӏанин абурал тайпаялъул гӏиллаби хӏисабалде росизеги гьечӏо», — ян лъазабуна министралъ. Лагералъул щивав хӏалтӏухъанасул хӏакъалъулъ баянал Жанисел ишазул министерствоялде ритӏизе ругинги бицана гьелъ.\nДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул\nминистерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "4654-sakhavatl-i-bikhizabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4654-sakhavatl-i-bikhizabuna", "title": "Сахаватлъи бихьизабуна", "date": "2019-05-27 11:00:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 маялда тахшагьаралъул кӏудияб мажгиталда тӏобитӏана республикаялъулаб ифтар\nГьелда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги.\n«Дагъистаналде вачӏиндал дида бихьана хӏукуматалъул минаялда хьолбохъ бугеб мажгиталъул къадада хъварал гьадинал рагӏаби: «Гӏадамазе гӏемераб лъикӏлъи гьабурав чиясе щола Аллагьасул рахӏмуги», — ян. Жакъа тӏолабго Дагъистаналда рагьун руго «Рамазаналъул чадирал». Гьенир ракӏарула цоцазе чед бащад гьабулел гӏадамал. Гьединаб лъикӏаб иш гьабиялъул кӏудияб кӏвар буго», — ян бицана республикаялъул бетӏерас. Гьес ракӏалдещвезаруна халкъазда гьоркьосел террористазулгун ккарал рагъулал лъугьа-бахъиналги. «Доб заманалда Дагъистаналъул халкъ данде бахъана хъачагъазул къокъабазде. Гьелго соназда ДРялъул муфтияталъе ккана камиял – диналъул бацӏцӏалъи цӏунулел хӏаракатчагӏи къурбанлъана гьеб балъгояб рагъда. Амма гьезухъа бажарана халкъалъе битӏараб тарбия кьун ва гьединлъидал динги ватӏанги хириял дагъистанияз нух къана террористазе. Гьеб хӏалтӏухъ кӏудияб баркала буго нужее», — ян абуна В. Васильевас.\nХасаб кӏваркьуна гьес ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасул хӏаракатчилъиялдеги. «Ракӏбацӏцӏадал, ришватчилъиялде дандечӏарал, загӏипазда гурхӏулел рухӏиял церехъабазулгун цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏизе бигьалъула. Нилъеда церечӏун руго республика цебетӏезабиялъул рахъалъ гӏемерал масъалаби. Гьел тӏуразарун нилъехъа бажарила, цадахъ рекъон хӏалтӏани. Баркала буго, цогидал диназул вакилзабигун цокӏалго хӏалтӏулеб бусурбабазул умматалъе», — ян бицана ДРялъул бетӏерас.\nКӏудияб мажгиталда гӏуцӏараб ифтаралде рачӏарал дагъистаниязе вагӏза-насихӏат гьабуна муфтиясги. «Инсан» абураб рахӏмуялъул фондалъул рахъалдаса баркалаялъул кагъатги кьуна гьес Васильевасе – «Рамазаналъул чадир» абураб акция тӏобитӏулаго, щуазарго бусурманчи кваназавизе рес кьолеб гӏарцул кумек гьабуралъухъ."}
{"slug": "4655-tsiiyab-giumruyalde-ragarab-kavu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4655-tsiiyab-giumruyalde-ragarab-kavu", "title": "Цӏияб гӏумруялде рагьараб каву", "date": "2019-05-27 11:04:43", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Исана ахирисеб цӏумур кьабуна Дагъистаналъул 1462 школалдаса 12018 выпускникасе"}
{"slug": "4693-tsiodorl-i-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4693-tsiodorl-i-gabe", "title": "Цӏодорлъи гьабе", "date": "2019-05-31 11:25:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нугӏазул «гьужум»\nКрымалъул гемморагияб унти тӏибитӏу\nДагъистаналда нугӏаз хӏанчӏун зарал ккана 300 чиясе. ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, Махӏачхъалаялдаса ункъо сон бараб лъимаде ва Гъизляр районалда гӏумру гьабун вугев чиясде, нугӏаз хӏанчӏиялъул хӏасилалда, бахана Крымалъул гемморагияб лихорадка. Жеги анлъго чи больницаялда вегизавун вуго гьеб унти батиялда щаклъи ккун.\nДунял хинлъанагӏан нугӏаз гӏадамазда хӏанчӏиялъул хӏужаби цӏикӏкӏунел руго. Гьединлъидал цӏакъ цӏодорлъи гьабизе ккола, хасго тӏабигӏаталда ругеб заманалда. Нагагь нугӏалъ хӏанчӏани ва аскӏоса-гӏебеде поликлиникагун больница батичӏони, тӏомолъа нугӏ къватӏибе бахъизе ккола пинцеталъги ккун, гьелъул бетӏер тӏомолъ хутӏиларедухъ. Хӏанчӏараб бакӏалдаса нахъе бахъараб нугӏги, инфекциялъулаб унти бугищали балагьизе, лабораториялде кьезе ккола.\nХӏанипат Лабазанова"}
{"slug": "4694-kiigo-pachalikh-tsol-izabuleb-ko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4694-kiigo-pachalikh-tsol-izabuleb-ko", "title": "Кӏиго пачалихъ цолъизабулеб кьо", "date": "2019-05-31 13:00:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда\n«Каспий» Упрдор ФКУялъул баяналда рекъон, исана хаслихъе Самур гӏоралда тӏасан кьо бан ва «Кавказ» Р-217 шагьранухлул цо бутӏа къачӏан лъугӏизабизе буго. 28 маялда гьел бакӏазда гьарулел хӏалтӏабазухъ халгьабуна Росавтодоралъул бетӏер Андрей Костюкицаги.\n«Кавказ» Р-217 федералияб нухлул халгьабизе байбихьана республикаялъул тахшагьаралдаса бахъараб Азербайжаналъул гӏорхъоде щвезегӏан. Планалда рекъон, 2024 соналде щвезегӏан къачӏан лъугӏизе ккола гьенир гьарулел хӏалтӏаби.\nДербенталда «Каспий» Упрдор ФКУялъул начальник Сергей Улеевас Росавтодоралъул бетӏерасда бицана шагьаралде рачӏунел нухал къачӏаялъул хӏакъалъулъги. Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда. Гьенисан сордо-къоялда жаниб 23000 машина хьвадула. Гьенир цӏиял нухал рахъиялъул проектал гьаризеги байбихьун руго. 2025 соналде Дербенталда сверун бугеб нух къачӏаялъ рес кьезе буго шагьаралда жаниб транспорталъулаб хӏалуцин дагь гьабизеги.\nСамуралда бараб кьоялъги цолъизабизе буго кӏиго пачалихъ ва гьеб цӏакъ санагӏатаблъунги лъугьине буго."}
{"slug": "4696-barakatab-tadbir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4696-barakatab-tadbir", "title": "Баракатаб тадбир", "date": "2019-05-31 13:02:11", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахӏулгохӏда – ифтар\nКӏалбиччаялъул тадбиралда гӏахьаллъана щуазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи\nИфтаралда гӏахьаллъана районазул бутӏрул, имамзаби, республикаялъул муфтияталъул вакилзаби. Гьенир нашидал ахӏана, мавлидал цӏалана «Бакълъухъ», «Чӏикӏаб» ва «Унсоколо» къокъабаз. Ифтаралъул гӏахьалчагӏазе насихӏатал гьаруна Дагъистаналъул гӏалимзабаз, бихьизабуна кӏудияв имамасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб сценка. Болъихъ районалъул вакилзабазги бихьизабуна «Рекъел гьаби» абураб сценка.\nГьединаб тадбир гьабизе квербакъаралъухъ кӏудияб баркала загьир гьабуна Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасе ва имам Гъазимухӏамад Абакаровасе ДРялъул муфтиясул заместитель Гӏабдула Салимовас.\n— Кӏиабилеб хӏежилан жинда абулеб Ахӏулгохӏда тӏобитӏараб гьаб тадбиралъ данде гьавуна чанго азарго чи. Хирияб рамазаналъ цолъизаруна гӏадамал, киназго хӏаракат бахъана лъикӏал гӏамалал гӏемер гьаризе. Жакъасеб тадбиралда гӏахьаллъанщиназе кӏудияб баркалаги буго. Тӏадегӏанас къабул гьареги киназулго ккурал кӏалалги, кьураб садакъаги, гьарурал лъикӏал ишалги, — ян абуна Гӏиса Нурмухӏамадовас."}
{"slug": "4699-iskusstvo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4699-iskusstvo", "title": "Искусство", "date": "2019-05-31 13:03:18", "categories": ["lit"], "text": "Театралъул эмен\nГӏабдурахӏман Магаев гьавуралдаса — 110 сон\nХӏайбула Гӏабдулгъапуров, Магӏарул театралъул художествияв нухмалъулев: «Росулъе театр бачӏунеб рагӏула!» Гьеб каламалдаса вохуларев чи жакъа магӏарул росулъ ватизе захӏмат буго. Магӏарулазе гӏорхъи гьечӏого бокьула Цӏ. Хӏамзатил цӏаралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул театр. Къойидаса къойиде камиллъулеб ва цӏубалеб буго театралъул коллективалъул творчествоялъулаб махщел. Амма киназдаго гуро лъалеб магӏарулазда гьоркьоб театралияб культура цебетӏезабиялъе цӏакъ гӏемераб хӏалтӏи гьабураб ва гьабулеб бугеб гьеб коллективалъе тӏоцебе кьучӏ лъица лъурабали. Гьев ккола Гӏабдурахӏман Магаев.\nЦо нухалда Буйнакскалъул педагогикияб техникумалъул цӏалдохъан Гӏабдурахӏманил берречӏчӏана «Къаси бихьизабулеб буго «Надиршагь» абураб пьеса» абураб лъазабиялда. Гӏабдурахӏмание цӏакъ бокьана пьесаялъухъ валагьизе, ва гьелъ гьесие кӏудияб асарги гьабуна. Гӏемер мехалъ гьесда церечӏун рукӏана пьесаялъул героязул образал. Мекъи букӏинаро 16 сон барав гӏолиласулъ театралдехун гьеб сордоялъ унго-унгояб рокьи бижанилан абуни.\nГӏемер кватӏичӏого Гӏабдурахӏманида рагӏана Буйнакскалда театралияб студия рагьулеб бугилан, ва педагоглъиялъул техникумалъул цӏалдохъан гьениве цӏализе лъугьана. 1927 соналда студия театралияб техникумалде сверизабуна ва гьеб Махӏачхъалаялде бачана. Гьениб Гӏабдурахӏманил лъикӏаб лъай-хъвай ккана Б. Мурадовалъулгун, Гӏ. Къурумовасулгун, Хӏ. Мухӏамадовалъулгун ва цогидазулгун. Театралияб лъай гъваридаблъун букӏине ккани, хӏалбихьи къваригӏунеблъи бичӏчӏарав Гӏабдурахӏман хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул III Интернационалалъул цӏаралда бугеб фабрикаялъул клубалда букӏараб драмаялъул кружокалъул актерлъун.\n1930 сон. Магаевас, актер-режиссерлъиялъул дипломги щун, техникум лъугӏизабуна. Ва бачӏинахъего Лъарагӏазул театралде хӏалтӏизе лъугьана.\nГӏабдурахӏмание кутакалда бокьун букӏана магӏарул театр рагьизе ва гьале гьесул анищ тӏубана – 1935 соналда ВКП (б) ялъул обкомалъ Гӏабдурахӏманида тӏадкъана магӏарул театр гӏуцӏизе. Магаев ана жиндирго гӏагараб Хунзахъе ва гьес байбихьана, театр гӏуцӏизелъун, гӏолохъанал гьунарчагӏи тӏасарищизе. Бигьаго букӏинчӏо диналъул кверщаликь ругел магӏарулазда советияб искусствоялъул магӏна бичӏчӏизабизе.\n«Театралъул цӏар бахъарабго, — ян бицуна Гӏабдурахӏманица, — цо-цо херал чагӏи битӏахъе тӏад речӏчӏизе рахъунаан. Гьез дида дандчӏвай гьабуна, театр гӏуцӏизе гурев, диналда данде команда гӏуцӏизе вачӏарав чиясда гӏадин».\nАмма цӏиялъ басриялда тӏад бергьенлъи босичӏого течӏо. Кучӏдул, кьурдаби, аваданлъи бокьулел магӏарулал, сундухъниги ралагьичӏого, театралда хӏалтӏизе рачӏана. Гьединаллъун рукӏана З. Набиева, Гӏ. Гӏалибегова, Гӏ. Къурбанова, Н. Гьитӏинова, Г. Гьитӏинова, Д. Халилбегов, Гӏ. Сулейманов, И. Макъсудов, И. Гӏумаров ва цогидалги. Цӏияб, жеги хӏалбихьи гьечӏеб коллективалъ лъураб тӏоцебесеб пьесаялъул букӏана Б. Малачихановасул «Местӏер» абураб. Гьеб букӏана цӏияб коллективалъул творчествоялъулаб экзаменлъун. Халкъалъ гьеб лъикӏ къабул гьабиялда бараб букӏана театралъул хадусеб бергьенлъиги. Гӏолохъанал актераз ролал лъикӏ хӏана ва гьелъ квербакъи гьабуна театралъул коллективалдехун гӏадамазул рокьи ва божилъи бижизабизе.\nТеатралъ лъураб кӏиабилеб спектакль букӏана «Гӏандиса Гӏиса» абураб. Гьеб пьесагун коллектив щола Гӏандибеги. Артистаз жиндир хъубал пишаби къватӏирчӏвазарурав гьереси-шайих росу тун лъутун уна.\nТеатралъ лъола цӏи-цӏиял пьесаби: Хунзахъа учитель Хъайитмазовасул «Мухӏамадил гӏумру», Загьид Хӏажиевасул «Хӏаскъил ва Шамил», Цӏадаса Хӏамзатил «Хирачил лъимал», «Тӏанус годекӏанир» абурал ва гь. ц.\n1939 соналда театралъ лъуна Треневасул «Любовь Яровая» абураб пьеса. Гьениб коммунист Кошкинил роль хӏана Гӏабдурахӏман Магаевас. Гьеб сон Гӏабдурахӏмание букӏана чӏахӏиял творчествоялъул бергьенлъабазулаблъун. Гьесие кьуна Дагъистаналъул мустахӏикъав артист абураб цӏар.\nМагӏарулазда Магаев лъалаан махщел бугев актер хӏисабалда. Гьев гьезда вихьана Цӏ. Хӏамзатил «Базалав» абураб пьесаялда Тидуриласул ролалдаги, Н. Славинскиясул «Хочбар» абураб пьесаялда магӏарулазул бахӏарчи Хочбарил ролалдаги, Гӏ. Къурбановасул «Цӏадулъ росарал мугӏрул» абураб пьесаялда херав Хӏасанил ролалдаги.\nГӏемерал ролал хӏана Гӏабдурахӏман Магаевас. Гӏемерал ракӏалдаса унарел образал гӏуцӏана гьес сценаялда. Магӏарулаз кӏудияб хӏурматалда рехсола гьесул цӏар. Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдурахӏман Магаев гӏумруялдаса ватӏалъана 1987 соналъул 6 июналда.\nГӏабдурахӏманил хӏакъалъулъ калам\nМахӏмуд Гӏабдулхаликъов, РСФСРалъул халкъияв артист:\n— Дица абила Гӏабдурахӏман Магаев Авартеатралъул тарихалъул тӏоцебесеб гьумер вугилан. Авар театр гӏуцӏулел тӏоцересел соназ щибаб магӏарул росулъе щвараб мехалъ, Гӏабдурахӏманица хал-шал гьабун, гьунар бугел гӏолохъаби тӏасарищулаан, гьезул искусствоялдехун рокьи бижизабулаан.\nГьедин, анцӏила ункъо сон бараб мехалъ, Гӏабдурахӏманица дунги вачана театралъул коллективалде гъорлъе. Гьес жиндир заманалда кьураб гӏакълуялъ, хинаб рагӏуца щивав артист жиндирго букӏинеселда божизавулаан, дандчӏварал захӏмалъаби къезаризе квербакъулаан.\nСидрат Мажидова, Россиялъул халкъияй артистка:\n— Гӏабдурахӏман Магаев вуго тӏоцебе театр гӏуцӏарав ва жиндирго гъажабазда гӏемер гӏатӏилъи-къварилъи баччун, гӏун бачӏунеб гӏел куцарав актер. Киназего гуро гьединаб талихӏ кьолеб. Гьес гӏолохъанаб гӏелалъухъе кьуна жиндирго сценаялъул байрахъ. Гьев вуго театралъул дада.\nМухӏамад Гӏумаров, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист:\n— 1936 сон ккана дир къисмат, дир букӏинесеб гӏумру бихьизабураблъун. Гьеб соналъ Гьоцӏалъе бачӏун букӏана Гӏабдурахӏман Магаевас нухмалъи гьабулеб театралъул коллектив. Дун вукӏана ичӏго-анцӏго сон барав гьитӏинав чи. Гӏабдурахӏмание рекӏее гӏуна кьурдизе дир букӏараб гьунар, ва гьес дун цадахъ вачана. Гьес дун жиндаго цеве чода рекӏинавулаан ва киназдаго жиндир вас вугилан абулаан. Хӏакъикъаталдаги гьес дие гьабуна эменлъиги эбеллъиги, гьев вукӏана гӏумруялъго дир учительлъун.\nХӏамзатов Хочо, журналист:\n— Гӏабдурахӏман Магаев дида лъала цӏакъ гӏадатияв, сабурав чи хӏисабалда. Сценаялъулаб махщалил бицани, къиматаб рахълъун ккола гьев жиндирго героясул образалдехун унго-унгояб къагӏидаялъ, кӏвар кьун балагьи. Дида Магаев вихьана анцӏ-анцӏ ролазда, амма гьав героясул образ гьесда бичӏчӏун гьечӏин, гьаб ролалдехун гьев тӏаса-масаго валагьун вугилан абизе кӏоларо."}
{"slug": "4767-ustarasda-rel-l-arab-bukiuna-khialtiigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4767-ustarasda-rel-l-arab-bukiuna-khialtiigi", "title": "Устарасда релълъараб букӏуна хӏалтӏиги", "date": "2019-06-11 10:56:31", "categories": ["med"], "text": "Лъикӏав инсанго гӏадин, лъикӏав махщелчиги вуго Сапарилав Мухӏамадов\nСапарилав Мухӏамадов ккола Каспийск шагьаралда бугеб живго бетӏергьанаб «Сагӏид ва Компания» цаби-гӏусазул поликлиникаялъул нухмалъулев. Гьев ккола Къорода росулъа. Гӏагараб росулъ школаги лъугӏизабун, ана армиялде. Гьелдаса хадув Сапарилав цӏализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. Цӏали лъугӏидал, 1985 соналда хӏалтӏизе витӏана Псков областалъул Хилово шагьаралде. Гьениб 13 соналъ нухмалъи гьабуна цаби-гӏусазул поликлиникаялъе.\n1997 соналда Сапарилав хъизан-лъималгун тӏадвуссана Дагъистаналде. Лъади Раисат хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул неврологиялъул централде. Сапарилас рагьана живго бетӏергьанаб поликлиника.\nДолдаса нахъе ана 20 сон. Жакъа клиникаялда хӏалтӏулев вуго 37 чи. Поликлиника хьезабун буго жакъасел технологияздалъун. Къого соналда жаниб поликлиникаялъ къабул гьавун вуго нусазаргоялдасаги цӏикӏкӏун унтарав.\nЦадахъ хӏалтӏулезги тӏадегӏанаб къимат кьолеб буго Сапариласе, тохтур ва инсан хӏисабалда. Масала, тохтур-стоматолог Патӏимат Айдаевалъ гьадин бицана:\n— Поликлиника рагьаралдаса нахъе хӏалтӏулей йиго дун Сапариласда цадахъ. Гьесухъа бажарана жакъасеб медицинаялъул тӏалабазде дандекколеб идара гӏуцӏизе ва цӏунизе. Гьединго гьанир хӏалтӏулел руго тӏадегӏанаб даражаялъул махщалил тохтурзабиги, — ян.\n— Поликлиникаялда дун хӏалтӏулей йиго 2018 соналъул октябралдаса нахъе. Цӏакъ йохарай йиго гьадинаб гъункараб, махщел бугезулги хӏалтӏулезулги къимат бугеб коллективалде ккеялдаса, — ян бицана медсестра Севиндж Исмагӏиловалъ.\n— Сапариласе, Россиялда хӏалтӏулелъул, щвана тӏадегӏанаб цӏарги. Гьев ккола Псков областалъул мустахӏикъав тохтур. Гьениб щвараб хӏалбихьи гӏадада ккечӏо. Ва гьес рагьана цаби-гӏусазул поликлиника. Нижеца Сапариласда Сагӏидилан абула. Гьединал гӏадамал ракьалда гӏемерлъулелани, гӏумру дагьабги берцинлъилаан, — ин бицана «Дагътехкадастр» цолъиялъул Каспийскалда бугеб МУПалъул филиалалъул директор Мухӏамад Зулпукъаровас.\nКМШИялъул директорасул заместитель Светлана Корниенко:\n— Дида Сапарилав лъала 1997 соналдаса нахъе. Нижер хъизан гьесул поликлиникаялде уна цаби-гӏусал сах гьаризе. Гьев вуго жавабчилъи цӏикӏкӏарав тохтур.\nГьеб батизе буго гьесие лъимерлъиялдаго щварал дарсалги. Гьитӏинго хвана эбел-эмен. Гӏисинал вацал-яцазул тӏалаб гьаби тӏаде ккана Сапариласде. Гьес гьезие лъикӏаб тарбия кьуна. Цӏализеги лъай щвезеги кумек гьабуна. Ва нухарегӏана цӏияб гӏумруялде.\n«Гӏагараб Дагъистан» гӏуцӏиялъул хӏукмуялдалъун Сапарилав Мухӏамадовасе кьуна «Миллияв Бахӏарчи» абураб цӏарги меседил цӏваги. Ракӏ-ракӏалъго гьесда шапакъатги баркун, поликлиникаялъухъги ялагьана дун. Щибаб кабинеталъул бугоан жиндирго хаслъи. Клиникаялда сверухъ бугеб рацӏцӏалъиялдаги квегӏенлъиялдаги бахиллъизе бачӏана: киса-кирго чӏун руго гъутӏби ва тӏугьдул.\nГьединабго бацӏцӏадаб ва роцӏараб буго Сапариласул гӏумруги. Лъади Раисатгун цадахъ гьес гӏезабуна лъабго лъимер: кӏиго яс ва цо вас. Гьел киналго инсул нухдасанги ана.\nПатӏимат Аледзиева,\nРФялъул Журналистазул\nсоюзалъул член"}
{"slug": "4768-gii-tsitsianazul-vystavka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4768-gii-tsitsianazul-vystavka", "title": "Гӏи-цӏцӏаназул выставка", "date": "2019-06-11 10:57:58", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Меседил медалал ва месед гӏадаб квас\nЖакъа Россиялъул магӏишатазда буго гӏи-цӏцӏаназул 23 млн 609,3 азарго бетӏер\nРоссиялъул хазина\nРоссиялъул цогидал субъектазде дандеккун, Дагьистан кидаго букӏана росдал магӏишат цебетӏураб республикалъун. Гӏи-цӏцӏаназул къадаралъухъ балагьун, нилъеца Россиялдаго ккола тӏоцебесеб бакӏги. Гьелде тӏадеги, нилъер мучӏдузда гӏезабураб гӏиял гьан Россиялдаго къиматаблъунги рикӏкӏуна. Гъоркьиса Дагъистаналъ Ираналъе бичун буго ункъазаргоялдасаги цӏикӏкӏун тонна гьанал. Исанаги бичизе буго жеги цӏикӏкӏун. Дагъистаналдаса цӏикӏкӏун гьан къватӏибе бичун буго гӏицӏго Астрахань областалъ (5,1 азарго тонна). Гьел хӏужабаз бихьизабулеб буго гӏи-цӏцӏани гӏезари Дагъистанальул аслиял масъалабазул цояб кколеб букӏин. Гьеб масъала гӏумруялде кин бахъинабулеб бугебалиги бихьизабуна гьал къоязда Астраханалда тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул тайпадулал гӏи-цӏцӏаназул выставкаялда. Гьенибин абуни, Дагъистаналъул гӏи мустахӏикълъана 21 медалалъе: 12 – меседил, 5 – гӏарцул ва 4 — мазгарул. Выставкаялда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул 22 субъекталдаса рачӏун рукӏарал магӏишатазул гӏиял батӏи-батӏиял тайпабаз ва гӏияхъабазул коллективаз. Данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Жамбулат Хатуовасги министерствоялъул гӏи-боцӏухъанлъиялъул ва тайпа лъикӏлъизабиялъул департаменталъул директор Гьарун Гӏамирхановасги.\nВыставкаялда гӏахьаллъана Болъихъ, Буйнакск, Гумбет, Гъуниб, Гъизилюрт, Казбек, Рутул, Хунзахъ районаздаса 12 коллектив. Гьениб бихьизабуна Дагъистаналъул мугӏрузулаб, гӏандисезул чӏегӏераб, тушиназул ва лезгиязул тайпабазул гӏи.\nЖакъа Россиялъул магӏишатазда буго 23 млн 609,3 азарго гӏи-цӏцӏаназул бетӏер. Гьеб буго гъоркьисалалде дандеккун 1 млн 260 азарго бетӏералъ дагь. Гӏезабураб квасул къадар бахуна 57 азарго тоннаялде. 2025 соналдейин абуни, гьелъул къадар бахинабизе буго 61 азарго тоннаялде. Гьелда рекъон Дагъистаналъ 4 млн 396,0 азарго бетӏералдаса гӏезабулеб ва бичулеб продукциялъул къадарги цӏикӏкӏина. Амма, гъоркьисалалде дандеккун, исана нилъер гӏи-цӏцӏаназул къадар 10 проценталъ дагьлъун батани, кинха гьеб захӏматаб масъала тӏубазе бугебин абураб суалалъе жавабги буго цо-цо бетӏералдаса бахъулеб гьан ва квас цӏикӏкӏинабизе кколин абураб. Гьелде кӏвар кьолеб буго республикаялъул росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги.\nЩибха бугеб\nгӏияхъанлъиялда цӏияб жо?\nМинистрасул заместитель Жамбулат Хатуовас бицана Россиялда гӏи-цӏцӏани хьихьулезе пачалихъалъ чӏезарун ругел бигьалъабазул ва гьезие тӏадеги кьолеб гӏарцул. Исана Россиялда квасул качествоялъул халгьабулеб лаборатория гӏуцӏизе буго. Хӏукму гьабун буго гьезул цояб Дагъистаналдаги рагьизе. Гьелъ рес кьезе буго квас гӏезабулезе гӏемерго кӏудиял бигьалъаби гьаризе ва, мухӏканаб качество букӏиналъе нугӏлъи гьабулеб хасаб лабораториялъул кагъат бугони, квасул багьаги гьелда рекъон цӏикӏкӏина.\nГӏи-цӏцӏаназул суалазда тӏад хӏалтӏулел гӏалимзабаз лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго гӏияхъанлъиялда кооперация гӏуцӏизе, щайгурелъул жакъа къоялда гӏи гӏезабулез жидецаго балагьизе кколеб буго гьан, квас, рахь кьезе бакӏал.\nСубсидиял кьолел руго гӏияхъабаз рахь гӏезабулеб ферма базе гьарурал харжазул 25 процент бецӏизе ва гьединго гьан гӏезабулеб ферма базе гьарурал харжазул 20 процент бецӏизеги. Гьеб ккола гьанжего гьанже гӏи-цӏцӏаназул продукция гӏезабизе хӏукму гьабурал гӏолилазе лъикӏаб кумек. Гьелде тӏадеги цӏияб жо буго авлахъазда гӏияе хӏажатал артскважинаби рахъизеги пачалихъалъ субсидиял кьезе рукӏин ва гьединго лъалъадиялъе кьолеб субсидия кӏиго нухалда цӏикӏкӏинабизе букӏинги.\nГӏияхъанлъиялда бугеб ахӏвал-хӏал цӏакъго хехго хисулеб жо бугелъул, министерствоялъул хӏалтӏухъабаз ва гӏалимзабаз лъикӏаблъун рикӏкӏана интернеталъул социалиял гьиназда Россиялъул гӏияхъабазул хасаб къокъа гӏуцӏизе ва хӏажатал суалал хехго тӏуразе. Гьеб букӏина гӏияхъабаздаги, министерствоялъул хӏакимзабаздаги, росдал магӏишаталъул гӏалимзабаздаги гьоркьоб бугеб щулияб бухьенлъунги.\nГӏияхъаби разиго хутӏана выставкаялда гьарурал пайдаял данделъабаздаса ва рохалилаб ахӏвал-хӏалалдаса.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "4839-tseresel-k-agiidabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4839-tseresel-k-agiidabi", "title": "Цересел къагӏидаби", "date": "2019-06-18 08:01:41", "categories": ["med"], "text": "Гӏажалалъул «тохтур»\nКӏочон тезе мустахӏикъал малъа-хъваял\nМедицина кигӏан цебетӏуниги, гӏемерисезда кӏочон толел гьечӏо сахлъи «цӏунизелъун» умумузго хӏалтӏизарулел рукӏарал къагӏидаби. Хасго гьитӏинал лъимал унтани, гьелда сверухъ тухумго бакӏарун, некӏо жидецаги гьадин сах гьарулел рукӏанин лъималиланги абун, жидерго къагӏидаби малъизе лъугьуна чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал. Умумузул заманалда гьанже гӏадаб медицина букӏинчӏелъул, жидерго лъималазул сахлъи цӏунизе батӏи-батӏиял ресал ратулаан гьез. Жакъа медицина цебетӏураб заман букӏаниги, умумузул малъа-хъваял хӏалтӏизарулел руго цо-цояз.\nЖакъаги цо-цо улбуз лъимер сах гьабизеян хӏалтӏизабула эбелалъул рахь, порол сок, квачалъул унти бугони къанцӏа яги гӏаракъи бахун черх лъулъала. Педиатраз гьел къагӏидаби къабул гьаруларо ва какула. Амма кигӏан тохтурзабаз бадирчӏваял гьаруниги, заралиял гӏадатал тезе кӏолеб гьечӏо нилъеда. Кӏудабазул малъа-хъваязухъ гӏенеккулел гӏолохъанал эбел-инсуда бичӏчӏулеб гьечӏо гьединал жалаздаса лъимадул гӏумрудуе хӏинкъи букӏин.\n«Нижецаги гӏезегӏан лъимал гӏезаруна, умумузул къагӏидабазда рекъон дару гьабунин абун жеги цогӏаги лъимерги хвечӏо», — ян абула гьез. Гӏолохъанал улбузин абуни, бокьаниги бокьичӏониги, тӏасабищулеб буго гьанжесеб медицина. Умумузул къагӏидаялда дару гьабиялъ яги бакъвазабураб рахьдал (смесь) бакӏалда гӏакдал рахь яги мани-карщ кьеялъ лъимадул сахлъиялъе зарал гьабулин бицуна педиатразги. Кинал малъа-хъваяздаса инкар гьабизе кколеб? Умумузул малъа-хъваяз сахлъиялъе кинаб зарал гьабизе рес бугеб?\n«Мегӏерччин щун бугони, магӏарзухъе эбелалъул рахь тӏинкӏи»\nГӏемерисез лъимадул мегӏерччин бугониги, гӏин унтун бугониги, гьеб сах гьабизе каранзул рахь тӏинкӏизе кколин абула. Дарабаздасаги лъикӏаб бугинги рикӏкӏуна гьеб. Амма гьеб пикру мекъаб буго. Инсанасул магӏазукъалазухъ рижун рукӏунел гӏисинал расаз кумек гьабула магӏазухъа къватӏибе бачӏунеб лъамалъи битӏун хьвадизе, гьеб къагӏидаялда магӏазукъалалги жаниса рацӏцӏуна. Магӏазухъе каранзул рахь тӏинкӏани, гьелъ магӏазухъ рижарал расал дандрекӏинарула, гьединлъидал жидедаго тӏадаб хӏалтӏи тӏубазабун гьезухъа бажаруларо. Гьеб гуребги, каранзул рахь бацӏцӏадаб букӏунарелъул (нестерильный), гьеб тӏинкӏун хадуб магӏазухъ бактериял лъугьинеги бегьула. Гьелъул хӏасилалда лъимер тӏадеги унтизе рес буго.\n«Лъимер бухӏараб лъелъ\nмочалкаялъ чвердезаби»\nЦо-цоязда ракӏалде ккола лъим бухӏараб бугебгӏан лъикӏаб букӏунин лъималазе ва гьез лъимер 40 градусалъул лъелъ чвердезабула, сапунги бахун лъикӏго мочалкаялъ лъулъала. Амма гьеб бегьулеб жо гуро. Бухӏараб лъеца лъимер багӏаризабула, цӏа-кан бахинабула. Лъимер чвердезабизе хӏажалъула 37 градусалъул хинлъи бугеб лъим. Гьитӏинаб лъимер щибаб къоялъ сапнаца яги цогидал чурулел жалаз чвердезабизеги бегьуларо. Гьелъ тӏомол бактериязде дандечӏолел жал мукъсанлъизарула, гьединаб лъимаде инфекцияги бигьаго бахине рес буго. Гӏадатияб сапунги хӏалтӏизабизе бегьуларо, гьелъ тӏом бакъвазе, хъартӏизе гьабула. Гьанжего гьанже гьабураб лъимер мочалкаялъ чуризе лъугьуна цо-цо кӏудаулбул. Лъимадул тӏом цӏакъ тӏеренаб ва хӏеренаб букӏунелъул, мочалкаялъ лъулъани гьелда ругъун лъугьине бегьула.\n«Гордал рагьуге –\nгьури речӏчӏизе гурин»\nКӏудаби лъимада гьури хъваялда хӏинкъун рукӏуна. Лъимада гӏетӏ бан бугони яги чвердон бугони, гьури чӏваледухъ гордал рагьизе лъикӏаб гьечӏо. Амма щибго квалквал гьечӏониги, кидаго къан гордалгун рукӏине бегьуларо. Лъимер унтизе бегьула хинаб бакӏалдаса цӏакъго квачараб бакӏалде бачунеб бугони. Лъимал гордухъа бачӏунеб цӏияб гьаваялъ гуро унтулел, гьел унтула чорокал бактерияз ва вирусал рахиналдалъун. Щибаб къоялъ горду рагьун рокъобе цӏияб гьава биччалеб бугони, гьел заралиял бактериялги вирусалги рокъоб гьава хисиялдалъун тӏагӏун уна. Киналго гордалги къан, хӏухьелго цӏилъулареб бакӏалда унти багӏаризабулел (патологические) микроорганизмал цӏикӏкӏуна ва бокьаразде бахине бегьула унти.\n«Лъимер къан бущи»\nЛъимер бущани, лъикӏ кьижула. Гьелъул магӏна кколаро лъимер цӏакъго къахӏазабун бущине кколин абураб. Макьидаса туркӏун борчӏиларедухъ лъимадул гъуждул рухьарабги гӏола. Къахӏазабун лъимер бущани, бохдул ритӏулин абураб пикруги мекъаблъун рикӏкӏуна тохтурзабаз. Нагагь гьабуралдасаго лъимадул бохдузул дисплазия бугони, къазабун бущани, унти жеги хӏалуцинабула. Къазабун бущараб лъимер цӏакъго багӏаризе бегьула, гьелъул бидул хьвадиги хӏухьел цӏайги хисизе рес буго, ччорбалги загӏиплъула.\n«Бакъвараб (смесь) ва гӏакдал рахь»\nЦебе лъимер хахизабизе чи щвечӏони, гьелъие гӏакдал рахь яги манная крупаялъул карш кьолеб гӏадат букӏана. Гьедин гьабулаан рес къотӏиялъ. Лъимадул загӏипаб чорхое гӏакдал рахь цӏакъ бакӏаб ва заралияб бугеблъи чӏезабун буго тохтурзабаз. Жакъа рес буго эбелалъулаб рахьалде жиб гӏагараблъун рикӏкӏунеб, бакъвараб рахьдал нигӏматал (смесь) росизе. Лъимадул сахлъиялъе дандекколедухъ щибаб ригьалъе батӏи-батӏиял руго гьелги. Амма гӏемерисел кӏудаулбуз лъималазе кьолел смесал рикӏкӏуна «химикаталлъун» ва гьелъул бакӏалда гӏакдал рахь яги мани-карщ кьезе кколин чӏола.\nГӏакдал рахьдалъ лъимадуе бегьулареб беэнлъи цӏакъго цӏикӏкӏараб буго. Гьелда гъорлъ ругел 20-ялдаса цӏикӏкӏун белкаби риинаризе лъимадухъа бажаруларо. Кколеб хӏалалда риинчӏел белкаби бакьаз жидедаго гъорлъе цӏала. Гьелъул хӏасилалда кванил нигӏматазде аллергия баккула. Статистикаялъул баяназда рекъон, щибаб щуабилеб лъимадул лъугьунеб буго аллергия. Гьитӏинаб лъимадул чорхое белок захӏматаб бугелъул, гьелъ кьара гьарула ва чакрил диабетцин лъугьине бегьула. Гьединго гӏакдал рахь сабаблъун лъимадул чорхолъ железо ва цо-цо витаминал камула.\nМанкаялъулъин абуни букӏуна глютен, ай клейковина – ролъалда яги цогидал нигӏматазда гъорлъ букӏунеб белок (синумахӏаб). Гьебги лъимадул чорхода бихӏинабизе кӏоларо. Гьединлъидал тохтурасулгун гӏакълу дандбазе ккела, лъимадуе дандекколеб бакъвараб рахь тӏасабищизе.\n«Сапнал кесекалъул «кумек»\nГьитӏинал лъимал гӏемер рукӏуна чехь унтун хъублъи гьабизе кӏоларого. Гьелъие гӏиллалъунги гӏемерисеб мехалда дисбактериоз ва кванирукъгун бакьал загӏиплъи ккола. Гӏемерисез лъимадуца хъублъи гьабиледухъ сапнал кесек хӏалтӏизабула. Гьелъин абуни лъимадул бакь унтизабизе бегьула. Некӏсиял къагӏидаби хӏалтӏизаричӏого, медицинаялъ бихьизабураб къагӏидаялдаса пайда босизе ккола. Жакъа нилъер аптекабазда бокьанагӏан дараби руго.\n«Юргъаналъулъ жеми»\nСири балеб бугони, лъимер юргъаналъулъ жемизе кколин, гӏетӏги бахъун, хадуб цӏа гӏодобе кколин рикӏкӏуна цо-цояз. Гьедин гьабуни, цӏа-кан жеги цӏикӏкӏуна.\n39,5 градусалдаса цӏикӏкӏун цӏа-кан бахани, лъимадул гӏадалнахуе, рекӏее ва хӏухьел цӏаялъул лугбазе зарал ккезе бегьула.\nЛъимадул цӏа-кан бахунеб бугони, гьелдаса ретӏел бахъила ва рокъобе горду рагьила. Цӏа-кан бахараб лъимадуе лъим цӏикӏкӏун кьезе ккола. Жеги лъабго моцӏ бачӏеб лъимадул цӏа-кан гӏодобе ккезабизе ккола гьеб 38 градусалде бахунаго, лъимер кӏудияб бугони — 38,5 градусалде бахунаго.\n«Гӏаракъи яги къанцӏа бахин»\nЛъимадул цӏа-кан бахун бугони, гӏемерисез малъула гъоркьахӏатӏазда ва мугъалда гӏаракъи яги къанцӏаги бахун лъулъазе кколин. Амма лъазе ккола, гьединаб къагӏидаялъ лъималазул чорхолъе загьруял жал ккезе бегьула. Къанцӏаялъ ва гӏаракъиялъ тӏомол рихьал рукӏкӏинаризе бегьула. Цӏа-кан гӏодобе ккезелъун гӏаракъигун къанцӏа лъималазда бахунезда ракӏалде ккола гьелъ кумек гьабулин абун. Амма гьез гӏицӏго тӏомолъа цӏа-кан къватӏибе кьезе квалквал гьабула. Гьелдалъун тӏом цӏорола, цӏа-канин абуни жанибе сверула. Жанисел лугбазул цӏа-кан борцине бажаруларелъул. Гьеб мехалда лъимер жеги захӏматго унтула. Хӏинкъизе бегьуларо лъимадуе цӏа-кан гӏодобе ккезабулел дараби кьезе. Ахӏизе ккела бакӏалъулав тохтур яги хехаб кумек."}
{"slug": "4840-israpchil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4840-israpchil-i", "title": "Исрапчилъи", "date": "2019-06-18 08:04:01", "categories": ["history"], "text": "Гӏорцӏарасда вакъарав кӏочене бегьуларо\nБечелъани – бубудун, мискинлъани – мимидун\nСМИязул баяназда рекъон, жакъа дунялалда щибаб къоялъ гӏорцӏизегӏан квен щолеб гьечӏо миллиард чиясе. Россиялдайин абуни, пакъирлъиялда ругезул къадар 30-40 проценталде бахун буго. Гьеб буго нилъер хӏукуматалъ мискинзабазде мугъ рехун букӏиналъул хӏасил.\nЦебего ният букӏана дир батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏулаго дагъистанияз кванил, хасго чадил къимат гьабунгутӏиялъул бицине. Исрап гьабичӏого мадугьалзабазе, къварилъиялда ругезе ва бесдалазе щай кьезе бегьуларел гьел нигӏматалин абун ахӏи базе. Гьеб нияталде тӏадвуссине дун тӏамуна 2019 соналъул 17 маялда «Новое дело» газеталъул № 18 номералда бахъараб Хӏажимурад Дамадаевасул «Культура расточительства» абураб макъала цӏалидал. Хӏажимурадица хъвалеб буго: «Дунги гьудулги цо нухалъ гӏарабазул рестораналда гӏодорчӏун рукӏана. Аскӏоб бугеб столалда нахъа кваналел рукӏана лъикӏго ретӏа-къарал рос-лъади. Кванан рахъунелъул, гьез официантасда лъазабуна гъоркь хутӏараб квен жидеца цадахъ босизе бугилан. Хасаб контейнеразда жанибги лъун, хутӏараб квен гьез цадахъ босунги ана», — ян.\nБертабалъ, рестораназда, столоваязда нилъер чагӏаз квен исрап гьабулеб бихьун, 42 пачалихъалде щварав «Азия» турфирмаялъул учредитель Хӏусен Гьитӏиномухӏамадовас бицана: «Гӏантаб чӏухӏиялъул чагӏи руго нилъ. Къватӏисел пачалихъазда ресалда ругел чагӏазцин гъоркь хутӏараб квен, контейнералда жанибги лъун, цадахъ босула, нилъеразин абуни, кванил, ай Аллагьас нилъее кьураб тӏагӏамалъул гьединаб къимат гьаби ничаб ишлъун рикӏкӏуна», — ян.\nКваналел бакӏазде арав щивав чияс, гӏага-шагарго кванил 30 процент, кваначӏого гъоркь толеб буго. Гьеб, гӏемерисеб, кьишни балелъубе рехула. Гӏадада гьелъухъ кьураб гӏарцул бицинаро, ракӏ гъанцӏулеб сурат букӏуна чӏахӏиял тадбирал тӏоритӏулаго столазда тӏад хутӏулеб, ай гӏодобе балеб кванил.\nКвен исрап гьабиялъул рахъалъ «тӏоцебесеб бакӏ» ккола нилъер бертабаз, хасго шагьаразда тӏоритӏулез. Бихьа-рагӏиялъе, цогидаздаса бечедаб букӏанилан цӏар инабиялъул мурадалда, рес бугезги гьечӏезги, цоцалъ къецбан тӏоритӏула бечедал бертаби. Столазда тӏад лъезе бакӏ гӏоларого, лъабго-ункъо тӏала гьабун гӏуцӏун букӏуна батӏи-батӏияб квен. Гьедин нигӏмат, хасго чед, инжит гьабулеб бихьун, иман бугев чиясул ракӏ къварилъичӏого хутӏуларо. Исламалъ малъухъе Къуръаналда тӏад щибго жо лъезе бегьуларо. Гьебго заманалда гьукъараб буго чадида тӏад Къуръан лъезеги. Хирияб Тӏехьалда тӏад чед лъезе бегьула, щайгурелъул Къуръаналдасаги чед кӏодо гьабун букӏун.\nБихьичӏого божизе захӏматаб ва дун цӏакъ хӏикмалъизавураб цо гьадинаб лъугьа-бахъиналъул мисалги бачина. Хӏукуматалъул бикъараб гӏарцуца мехтарав пуланав хӏакимасул авариялда хварав васасул зигараялъ ине ккана ниж. Гьениса рахъунаго хварасул инсуца нижеда абуна, садакъа-тӏагӏам кваначӏого ани, жинда квеш бихьизе бугилан. Турциялъул султӏан Сулейманилги жахӏда ккелеб гӏадаб кӏалгӏаялъуб, футболалъул майдан гӏадаб гӏатӏилъиялъул азбаралда тӏибитӏун бугоан нусго чи цадахъ кваназе рес бугеб бечедаб тепси, щибаб столалалда аскӏов хъулухъалъе эхетизавун вугоан цо-цо гӏолохъанчи. Столазда тӏад рукӏарал батӏи-батӏиял нигӏматазул къадар рикӏкӏун хӏалкӏоларо, цохӏо цӏурахинкӏал рукӏана щуго батӏиял.\nКӏудияб балагь тӏаде бачӏарав чиясул рокъоб гьадигӏан бечедаб тепси гӏуцӏиялъул магӏна щибин абун, гӏажаиблъун рукӏана киналго. Рецц-бакъалъе, гӏетӏ тӏечӏого данде гьабураб бечелъи, халкъалда бихьизабичӏого тезе кӏоларо яхӏ-намусалде мугъ рехарал ва моралияб рахъалъ сакъатал гьединал чагӏазда.\nЖакъа дунялалда вуго 504 миллион ресукъав бусурбанчи. Гьеб лъалел нилъецайин абуни исрап гьабулеб буго мискинчиясул кӏалдибе ине бегьулеб чед, ай квен.\nХирияб кӏалккул моцӏалъ мажгитахъги чӏезабун букӏуна кӏалбиччазе бокьаразе квен. Гъоркь хутӏараб гӏемерисеб квен кибеха унеб?! Битӏараб буго, кьишни балел къалазухъе. Бачӏунеб буго суал, гьединаб ифтаралъул кирийищ цӏикӏкӏун букӏинеб, хӏакъищин абураб? Цӏикӏкӏун кири букӏинародай гьелде унел харжазул цо бутӏа ресукъал мадугьалзабазе, бесдалазе, мискинзабазе, ай гьелде хӏажатал чагӏазе кьуни?\nДида лъикӏ лъалев Ахӏмад абурав чияс бицана: «Исламияб дин дагь-дагьккун гӏадатазде сверизабулеб бугин ккола. Хӏисаб гьабе, жакъа хвел-хобалъул тадбир тӏобитӏулеб бугеб къагӏидаялъул. Кинабго жо гьабулеб буго цӏаруе, рес бугеблъи бихьизабизе. Гьелъ батила халкъалъ гьелда «хвалил бертин» абун цӏар лъунги бугеб. Дие бокьиларо дир хвел гьедин тӏобитӏизе. Гьединлъидал дица васияталда хъван буго, хабалъ вукъараб лъабабилеб къоялъ жамагӏаталъе баркала кьеян, хабада гӏадатияб тӏалу яги гьитӏинабго хъирул ганчӏил зани чӏваян. Рузманалъул сардаз рокъоб къулгьу-алхӏам гьабейин ва ресукъал чагӏазе садакъа кьейин.\nЖакъа хвел-хобалъул тадбирал тӏоритӏиялда тӏад унеб буго гӏага-шагарго 350-500 азарго гъуруш. Нижер росулъ гьечӏо цониги садакъаялде ккарав чи. Гьединал чагӏазе кьураб садакъаялъул щиб кири букӏинеб? Гьединлъидал, дир хвел-хобалъул иш тӏубайдал, нахъе хутӏула гӏага-шагарго 250-300 азарго гъуруш. Дидасан ниятги гьабун, гьеб садакъаде кьезе ккола къварилъи ккарал хъизамазе, ресукъал чагӏазе, бесдал лъималазе… Дида бичӏчӏулеб къагӏидаялъ, гьеб букӏина Аллагь разияб ва ахираталда дие кири щолеб къагӏида», — ян.\nЧехьалъул роцен цӏехечӏого хӏажалъулелдаса гӏемер хӏадур гьаби, кваналелдаса цӏикӏкӏун суркӏинибе тӏей… — гьеле нилъер жакъасеб «исрапалъулаб культура». Гьеб ккола «дихъа гьадин бажарула» абун, чӏухӏи-пахрулъи къватӏибе рехун, цӏаруе гьабулеб ишилан хъвалеб буго Хӏажимурадицаги.\nГьеб рахъалъ церетӏурал улкабазул чагӏазул буго батӏияб, ай «къваригӏун гьечӏищ, харж гьабуге» абураб культура. Гьез сундулъго гьабула цӏуна-къай. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Германиялда гӏумру гьабун вугев Владимирица бицана радал цаби чурулаго немцасул цояб квер краналда тӏад лъун букӏунилан. Щетка биччизегӏанасеб лъимги биччан, гьес гьеб лахӏзаталда жаниб кран къалила. Гьедин къимат гьабулила немцаз кванилги, хасго чадил. Тӏагӏамалъул, хасго чадил гьедин къимат гьабулеб буго бечедаб Германиялда, Гӏисал диналъул чагӏаз, «гӏурул рагӏалда ругониги, лъим исрап гьабугейин» абун аварагас сундулго къимат гьабизе кколилан малъулеб мехалъ, бусурбабаз кванил нигӏматал кьишни балеб къолонире рехулел руго.\nДида лъалей цо гӏаданалъ вас хведал, изну кьечӏо гӏадамаз садакъаде кьураб гӏарцудаса гьеб тадбиралда тӏад цо копекги хвезабизе. Хвел-хобалъул тадбирал тӏурайдал, гӏадамаз кьураб кинабго гӏарацги кванил нигӏматалги гьелъ бесдал лъималазул рукъзабахъе щвезаруна.\nРакъул ва рагъул соназ чӏахӏ кванан, гӏатӏада гьоркьоб цӏоросаролъул хӏокӏ ххенон ракъуца хвеялдаса хвасарлъарал бахӏарчиял умумузул наслабазда рекъон букӏинаро бечелъани — бубуди, мискинлъани — мимиди. «Мискин-пакъир рази гьаве, язихъасда гурхӏел гьабе», — ян гурищ малъулеб бугеб шагӏир Цӏадаса Хӏамзатица. Салихӏ ал-Фаузаница хъвалеб буго: «Кьишни балелъубе ва чорокал бакӏазде квен, хасго чед рехи ккола исрапчилъи, ай Аллагьасда бищун рихараб гӏамал», — ан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4841-khasab-pikru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4841-khasab-pikru", "title": "Хасаб пикру", "date": "2019-06-18 08:06:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏакълучиги къосунев…\n2019 соналъул кӏиабилеб июналда ватӏаналда букъана имам Шамилил наиб Хӏажимурадил жаназа\nАбулеб букӏана «щалали лъазе кӏвечӏез», Азербайжаналъул Кӏахъ районалда букӏараб хобги рагьун, Хӏажимурадил жаназадул хутӏел Хунзахъ районалде босун бугин ва гьениб букъанилан абун. Гьеб «бахӏарчияб» ишалъул бетӏерлъунги вихьизавулев вукӏана Башкортостаналдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун кколев Хӏажимурад Гӏумаров.\nГьеб лъугьа-бахъин сабаблъун бахъана ахӏи-хӏур ва дагъистаниял рикьана кӏиго бутӏаялде. Цояз рахъккуна гьел «бахӏарзазул», кӏиабилез гьеб иш рикӏкӏана цӏогь гьабилъун. Нижее бокьун гьечӏо гьеб кинабго понцӏозабизе. Амма хадурккун гьединал гъалатӏал риччангутӏиялъул мурадалда хӏасилал гьаричӏогоги гӏоларо.\nБукъараб бакӏалдаса жаназа батӏияб бакӏалде боси (исламалда рекъон)\nГьеб иш ккелалде чанго къоялъ цебе бицунеб букӏана Хӏажимурадил жаназа магӏарухъ букъизе рагӏулин. Наибасул ирсилавлъун кколев Мухӏамад-Гӏарип Хӏажимурадовасдаго цадахъ нижеца гьеб хабар къабул гьабуна иргадулаб маргьа хӏисабалда. Амма гьеб маргьа батичӏо. Кинабго гьабун бугоан Мухӏамад-Гӏарипидаса балъго ва машгьурав тарихчи Гӏалибег Хъазанбиевасги гьесги кӏиабилеб июналда кьварараб гара-чӏвари гьабун буго Хӏажимурад Гӏумаровасулгун. «Щай нужеца, лъиданиги гьикъичӏого, гьеб иш гьабураб? Щай гьикъичӏеб Хӏажимурадил ирсиласулги, власталъулги, исламиял гӏалимзабазулги пикру?» — абураб суалал кьун руго гьез депутатасе. Щун гьечӏо мухӏканал жавабалги. Гьелде тӏадеги, загьирлъун буго, Хунзахъе рахунеб бакӏалда, Бакьайчӏи росдада гӏагарлъухъ жаназа букъизехъин букӏараблъи. Амма, М.-Гӏ. Хӏажимурадовасги Гӏ. Хъазанбиевасги цӏадулгун махсараялъул хӏасил лъикӏаб кколареблъи гьесда «бичӏчӏизабун» хадуб, наибасул жаназа кьун буго гьесул ирсилазухъе ва букъун буго Хунзахъ.\nГӏажаиблъизе бачӏуна цо-цо магӏарулазул бичӏчӏигьечӏолъиялда. «Битӏараб иш гьабун буго, Хӏажимурадил жаназа нахъе боси», — ян абулеб буго цо-цояз. Гьезул мантӏикъалда рекъон, нилъеца рухъизе кколел ругоха Мадинаялда бугеб Шамил-имамасулги, Веденоялда бугеб Салтӏаса шайих Узун-Хӏажилги, Чачаналда бугеб Хунзахъа Ахъбердил Мухӏамадилги, Турциялъул Къарсалда бугеб кӏаралазул Гъалбацӏ-дибирилги хобал ва гьезулги жаназаби росизе кколел руго ватӏаналде. Жидерго иш ритӏухъ гьабиялъул мурадалда, цо-цояз далиллъун бачунеб буго гьадинаб мисал: Таргъуялда вукъун вукӏарав тӏоцевесев имам Гъазимухӏамадил жаназа, Шамил-имамасул бихьизабиялда рекъон, Генуб росулъе боси ва гьениб букъи. Амма кӏочонеб буго гьадинаб хӏужа: Таргъу доб заманалда мутӏигӏлъулаан Россиялъул империялъе ва рикӏкӏунаан тушбабазул ракьлъун. Жаназа росулъе босиги рекъонкколаан исламалъул тӏалабалда. Империялъулгун рагъ унеб заманалда имамас Гъазимухӏамадил жаназа ватӏаналде босизабиялде бащалъулищ жакъа ккараб лъугьа-бахъин? Жакъа нилъги рагъулелищ ругел Азербайжангун? Добаги гӏумру гьабулеб буго бусурбабаз, гьездаго гьоркьор – магӏарулазги лезгиязги. Гьезие Хӏажимурадил хоб букӏана хасаб игӏланлъун, ватӏаналъулгун бухьен тасдикъ гьабулеб памятниклъун. Гьезулги ццим бахъинабуна гьеб лъугьа-бахъиналъ.\nХӏажимурадил хоб:\nАзербайжаналъул властьги халкъги\nЖидерго «бахӏарчияб» иш тасдикъ гьабизелъун рехсолеб буго гьадинаб хӏужаги: «Азербайжаналъул власталъги бакӏалъул гӏадамазги рехун тун букӏана Дагъистаналъул бахӏарчиясул хоб ва дол (Азербайжаналъул власть) рохун руго жаназа Дагъистаналде босиялдаса».\nГьечӏо гьеб гьедин. Дица гьаниб рехсела тарихчи Рудольф Ивановасул «Хӏажимурадил хӏакъалъулъ хӏакъикъат» абураб тӏехьалдаса кескал. Гьесги кьочӏое росун руго машгьурав тарихчи-краевед Булач Хӏажиевасул хъвай-хъвагӏаял. Б. Хӏажиев ун вукӏана Азербайжаналде, «Хӏажимурад тарихалда ва биценазулъ» абураб тӏехь хъвалеб мехалда.\nРехсарал тӏахьазда кьурал баяназда рекъон, Хӏажимурадил хоб, жамгӏияб хабалалъ гьечӏониги, киданиги букӏинчӏо рехун тун. Гьеб рикӏкӏунаан бусурбабазе хирияб зияратлъун. 1950-абилел соназул ахиралда, Азербайжаналъул гӏелмабазул академиялъул гӏалимчи-археолог Мухӏамадгӏали Хӏусеновасул хӏаракаталдалъун, цебелъуна Хӏажимурадил хоб Азербайжаналъул тарихияб памятниклъун рикӏкӏине кколин абураб масъала. 1862 соналдаго Хӏажимурадил вас Гулаца хабада лъураб зани жагъаллъун букӏана. Гьединлъидал, 1959 соналъул сентябралда М. Хӏусеновасул экспедициялъ гьеб зани щвезабуна Азербайжаналъул тарихалъул музеялде. Музеялъул гӏелмияб советалъул данделъиялда хӏукму гьабуна Хӏажимурадил хоб цӏигьабун къачӏазе. Заниялда гӏарабалъ гьабун букӏана гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «Гьаб буго Хунзахъа Хӏажимурадил, магӏарулав Сеид уш-шагьидил («шагьидазул бетӏергьанчиясул») хоб. Гьижрияб 1268 сон (1852 с.)».\nАмма щаклъи букӏана хабалъ хӏакъикъаталдаги Лев Толстоясул къисаялъул аслияв багьадур вукъун ватиялда. Гьединлъидал М. Хӏусеновас хитӏаб гьабуна Азербайжан ССРалъул нухмалъиялде, республикаялъул компартиялъул тӏоцевесев секретарь Имам Жадемир огъли Мустӏафаевасде. Гьес ихтияр кьуна хоб рагьизе, Азербайжаналъул тарихалъул музеялъул гӏалимчагӏазулгун дандчӏаялдаги гьес гьадин абуна: «Шайих Шамилил наиб машгьурав вуго тӏолабго дунялалда ва тӏолабго дунялалъе лъазеги бокьун буго, гӏицӏго хрестоматиялдаса цӏалдохъабазе щолел баянал гурелги, кин гьев хваравалиги».\n1959 соналъул июналда, власталъул ихтияралдалъун, рагьана Хӏажимурадил хоб. М. Хӏусеновасул баяназда рекъон: «Тӏолабго хоб цӏезабун бугоан гъутӏбузул кьалбаз, хварасул рахӏат хвезабугеян абулеб гӏадин. Гвангвара нижеда батичӏо, гьединлъидал Хӏажимурадил хоб гьеб батиялда щаклъи хутӏичӏо нижер. Жаназа букӏана мугъалда бегун. Гвангвара букӏинчӏо. Букӏинчӏо Хӏажимурадил кинабгӏаги алат-къайиги. Ратичӏо лахӏдуялъе лъурал къаналги. Ракӏалде кколеб букӏана, Хӏажимурадил жаназа, бусурманаб къагӏидаялъ букъичӏого, гвандинибеги рехун, тӏаде ракьги хъван, тун бугилан абун. Нижеца хабаде ракь хъвана. Эхетизабуна мармаралъул цӏияб заниги. Зонода бикӏунги букӏана, цо хӏарп гьоркьоса камичӏого, 1862 соналда лъураб заниялдаса хъвай-хъвагӏай».\nГьелдаса нахъе Хӏажимурадил хобалъул тӏалаб гьабулеб букӏана Азербайжаналъул гӏелмияб академиялъул тарихалъул институталъги тарихалъул музеялъги.\n1960-абилел соназда, нухмалъиялда Вали Ахундов вугеб заманалда, берцинго къачӏана Хӏажимурадил хоб. Чӏезабуна гьелда хадуб кидагосеб бербалагьи. Азербайжаналъул нухмалъиялде Хӏайдар Гӏалиев ккараб мехалда (1960-абилел соназул ахиралда) Хӏажимурадил хобалъе кьуна Азербайжаналъул тарихияб памятникалъул статусги, гьеб босана пачалихъияб тӏалабалде гъоркьеги. 2001 соналда Азербайжаналъул гӏелмабазул академиялъ къватӏибе биччараб памятниказул сияхӏалда гьеб рехсон буго 670-абилеб номералда гъоркь.\n«Гьабсагӏаталда (2012 соналда) Хӏажимурадил хобалъул тӏалаб гьабулеб буго Кӏахъ ва Шеки районалъул нухмалъиялъ. Азербайжаналда сапарал гьарулаго, нижеда бичӏчӏана, гьанжесеб Азербайжаналъги цӏакъ кӏудияб адаб гьабулеб буго Хӏажимурадил. Азербайжаналъул лъабго батӏияб власталъ (императорасулги, коммунистазулги ва гьанжесеб демократиябги) къимат гьабулеб буго хӏинкъигьечӏев бахӏарчиясул…», — ан хъван буго Р. Ивановас.\nКидаго гуро тӏадчӏун тӏалаб гьабулеб букӏараб Хӏажимурадил хобалъул. Гьелъул хӏакъалъулъ цо чанго соналъ цебе хъван букӏана «Хӏакъикъаталдаги». Гьениб гӏумру гьабулел магӏарулаз хоб сверун чали гьабуна, хабаде боцӏи бачӏинчӏого букӏине. Амма гьеб хӏужаги кьочӏое босун, бегьулароан наибасул хоб балъго рагьизеги гьесул жаназа Дагъистаналде босизеги. Юридикияб рахъалъул гуро дица бицунеб бугеб, бицунеб буго моралияб рахъалъул, гӏицӏго Кӏахъ, Закатала ва Белокан районазда гӏумру гьабулел нилъер магӏарулазда цебе гуребги, Югалда ругел мадугьалзабаздаги, Азербайжаналъул власталдаги, халкъалдаги цебе бугеб жавабчилъиялъул хӏакъалъулъ. Дагьал памятникалищ ругел Дагъистаналъул ракьалда, лъицаниги тӏалаб гьабуларел, рехун тарал? Я власталда гьел рихьуларо, я гӏадамал гьезде регӏуларо.\nГьелде тӏадеги, Хӏажимурадил хоб рагьун буго хашго, сундулго ургъел гьабичӏого. Хабада сверухъе бан буго ракь, жаназаялъул цо-цо бутӏаби гьенирго хутӏун ратизецин бегьула.\nГьанже нилъер буго Хӏажимурадил кӏиго хоб: Санкт-Петербургалда, Антропологиялъулгун этнографиялъул музеялдаго жеги хутӏараб гвангвараялде тӏаде гьеб масъалаги хӏажат букӏанищ наибасул рухӏалъе?!\nБичӏчӏизе захӏматаб иш ккана. Кинго абизеги кӏоларо гьелдалъун «тарихияб ритӏухълъи чӏезабунилан» абунги.\nДенга Халидов,\nполитолог"}
{"slug": "4842-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4842-bajram", "title": "Байрам", "date": "2019-06-18 08:10:19", "categories": ["obshestvo"], "text": "Букӏана рохелги ихтилат-кепги\n12 июналда, тӏолабго улкаялдаго гӏадин,\nДагъистаналдаги кӏодо гьабуна Россиялъул къо\nБайрам кӏодо гьабуна Махӏачхъалаялдаги. Масала, Гӏурус театралда цебе тӏобитӏараб байрамалъулаб концерталда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибов, тахшагьаралъул бетӏер Салман Дадаев, Махӏачхъалаялъулгун вацлъи рагӏизабураб немцазул Ольденбург шагьаралъул делегация. Данделъаразда байрамги баркун, гьадин абуна тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевас:\n«Нилъер гӏадат буго цоцае кумек гьаби, мадугьалихъ гьудуллъиялда рукӏин. Гьеб ккола нилъеца цӏунизе ва гӏолохъанаб гӏелалъухъе кьезе кколеб миллияб бечелъиги. Жакъа нилъеда бичӏчӏулеб буго цадахъ лъугьун гьабулеб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизе кӏолеблъи. Дун божаравги вуго церелъурал масъалаби нилъеца тӏуразе рукӏиналда», — ян.\nБайрам берцин гьабуна «Волна» абураб халкъияб хоралъ ва «Лукоморье» лъималазул фольклорияб ансамблялъ. Шагьаралъулазе жидерго махщел-гьунар сайгъат гьабуна лъималазул «Дети гор», «Атлы-боюн», «Геба», «Горцы», «Таргу Яшлар» абулел хореографиял ансамбляз, гьез рихьизаруна Дагъистаналъул халкъазул кьурдаби. Халкъалда цее яхъана ДРялъул халкъияй артистка Зульфия Илясова ва «Ты супер!» телепроекталъул финалистка Элвира Яхӏяева.\nГьенирго тӏоритӏана «Горные вершины» абулеб хореографиял искусствабазул фестиваль, хадуб — «Россия — Родина моя» абулеб халкъияб творчествоялъул республикаялъул фестивалалъул гала-концерт.\nГьединалго байрамалъулал тадбирал тӏоритӏана Гьудуллъиялъул рокъор ва Т. Мурадовасул цӏаралда бугеб Дагъгосфилармониялда цере.\nТӏоритӏана сакъатал лъималазда кверчӏваялде ахӏулел акциял, спортивиял къецал.\n«Россия – моя история» абураб тарихияб паркалдаги Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялдаги тӏоритӏана суратазул ва тӏахьазул выставкаби.\nТахшагьаралъул аслияб майданалда «Я — россиянин» абураб акциялъул гӏахьалчагӏаз рикьана лентаби, шарал ва Россиялъул къоялъул бицунел буклетал.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4896-tsiiyal-nigimatal-tsiiyal-untabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4896-tsiiyal-nigimatal-tsiiyal-untabi", "title": "Цӏиял нигӏматал — цӏиял унтаби", "date": "2019-06-25 12:25:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагь-дагьккун сахлъи «чӏвалеб» квен\nАхираб къого соналда жаниб нилъеца хӏалтӏизарулел рукӏарал ва ругел кванил нигӏматазул къадарги гьезул батӏалъиги цӏикӏкӏунеб букӏин бихьулеб буго. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз гӏемер абулеб рагӏула, гьабщинаб нигӏмат бихьун букӏарабани, умумуз щибдай абизе букӏарабилан. Нилъин абуни рохизе бегьилаан гӏорцӏизегӏан квенги батӏи-батӏиял нигӏматалги щолел рукӏиналдаса, гьезул гӏемерисел битӏахъе заралиял гьечӏелани. Кинал нигӏматазха сахлъиялъе зарал гьабизе бегьулеб?\nХехго белъунеб кваница\nхехго унтизарула\nАхираб заманалда къватӏире риччалел батӏи-батӏиял нигӏматазул гьабураб кванил цӏех-рехал гьарулел руго гӏалимзабаз. Цогидал нигӏматазул лъугьинарулел кванил нигӏматал (ультраобработанные) сахлъиялъе загьругӏанги заралияллъун кколин лъазабулеб буго гьез. Цебе абулаан гьединал нигӏматаз гӏадамал кьара гьарулин. Гьанжесел цӏех-рехазда рекъон, кьаралъизари гуребги, гьединал нигӏматаз рекӏел ва бидурихьазулгун сосудазул унтаби раккизарулел руго.\nУльтраобработка гьабураб нигӏмат ккола кванил тӏадежубаял (пищевые добавки) гъорлъ бугеб квен, цебеккунго хӏадур гьабураб ва хехаб заманалда белъунеб яги бежулеб квен (фастфуд), газ гъорлъ бугел гьекъолел жал, пачкабахъ лъун бичулеб бакъвараб чурпа, гьанал ва ччугӏил нахъе хутӏарал кескал яги ракьа-макъаралъул гьабулеб нигӏмат (белъараб, кӏкӏуйдулъ бежизабураб бакь, ччугӏил нигӏматал). Гьединал нигӏматал, гӏемерисеб мехалда, хӏадур гьарула гӏемераб чакарги цӏамги гъорлъе бан. Витаминалги клетчаткаги гӏураб къадаралда букӏунаро гьезулъ.\nФранциялъул ва Бразилиялъул гӏалимзабаз цӏех-рех гьабуна ультраобработка гьабурал нигӏматаз рекӏел ва гӏадалнахул би хьвадиялъул низам биххиялда рарал унтаби лъугьинарулел ругищали. 105000 чиясда гьоркьоб (21 процент бихьинал, 79 процент руччаби, гьоркьохъеб ригь 43 сон) гьабураб анализалъ бихьизабуна, гьел гӏадамазул рекӏел ва гӏадалнахул унтаби лъугьиналъе хӏинкъи 12 проценталъ цӏикӏкӏун букӏин.\nИспаниялъул гӏалимзабаз, гьоркьохъеб хӏисабалда, 38 сон барав 20000 чиясда гьоркьоб гьабураб халгьабиялда рекъон, ультраобработка гьарурал нигӏматал кванилъ хӏалтӏизариялъул хӏасилалда (къойида жаниб ункъо-щуго нухалда) баянлъун буго 62 проценталъул батӏи-батӏиял унтаби загьирлъун рукӏин.\nСтатистикиял баяназда рекъон, нилъеца къойил хӏалтӏизабулеб кванилъ 20-60 процент гьединал ультраобработка гьабурал нигӏматал ратула. Гьединлъидал тӏадехун рехсарал цӏех-рехал гьарурал пачалихъазда гьединал кванил нигӏматал дагьго хӏадур гьаризе хӏаракат бахъулеб буго.\nГьанжесеб заманалъул хехаб кванил бакӏалда, овощал, каршал, пихъ, ччугӏа ва цогидалги сахлъиялъе пайдаял нигӏматал хӏалтӏизаризе кколин рикӏкӏуна гӏалимзабаз.\n«Абадиял химикатал»\nТукабазда ричулел батӏи-батӏиял нигӏматаз рекӏел ва гӏадалнахул бидул свериялъул хӏалтӏи гуребги, рак унтиги лъугьинабизе рес бугин рикӏкӏунеб буго кванил нигӏматазухъ халгьабулел гӏалимзабаз. Масала, PFAS ккола кванил нигӏматал жанир цӏунулел къучӏби (упаковка), лъеца биччизабиларедухъ ратӏлида бахунеб жо (пропитка), цӏа свинабизе хӏалтӏизабулеб полоп, цӏарагӏалда жаниб квен рекӏинаредухъ бахун букӏунеб жо, гӏусал рацӏцӏунеб квар ва цогидалги химиялъул нигӏматал.\nГӏадамазе квегӏенлъиялъеян абун хӏалтӏизарулел гьединал жалаздасан кванилъе ва хадуб инсанасул чорхолъе загьруял жал ккола. PFAS-аз сахлъиялъе зарал гьабулеб бугин гӏалимзабаз некӏого ахӏи балеб буго. Гӏалимзабаз лъазабун буго PFAS-аз инсанасул чорхолъ рак унти лъугьинабулеб, тӏул унтизабулеб, ургьиб бугеб лъимер кӏудияб гӏеялъе квалквал гьабулеб бугин. Цо-цо нигӏматал гьарулел бакӏазда гьел хӏалтӏизецин гьаруларо. Гьездаги абула абадиялъго химия гъорлъ цӏунулел нигӏматалин. Азарго соналъгицин туричӏого цӏунун хутӏулин гьединал, ай химия гъорлъ бугел алатал, пластикалъул къучӏбиян рикӏкӏуна гӏалимзабаз. Инсанасул чорхолъе ккаралдаса нахъеги гьел тӏокӏалъ киданиги ратӏалъуларо.\nСШАялъул FDA-ялъул (нигӏматазул цӏех-рех гьабулеб тӏолгодунялалъулго департамент) специалистаз гьабураб цӏех-рехалда рекъон, кванил нигӏматал ричулел тукабаздаса 90 батӏияб нигӏматалъул хӏалбихьи гьабидал, гьаналъ, ралъдал нигӏматазулъ, шоколад жубараб ва гӏадатияб рахьалъулъ, шоколадалъул торталъулъ, ананасазулъ, гьуинаб картошкаялъулъ ва цогидалги къачӏарал къучӏбузухъ лъурал нигӏматазулъ PFAS-алъул заралиял жал ратана.\nСШАялъул сверухъ бугеб тӏабигӏат цӏуниялъул агентствоялъ (ЕРА) гьабураб цӏех-рехалда рекъон, къвакӏарал къучӏбузухъ бичулеб рахьдалъ сахлъиялъе зарал гьечӏого букӏине бегьулелдаса 35 нухалъ цӏикӏкӏун заралиял химикатал (PFAS) ратана.\n«Абадиял химикатал» гӏицӏго тукабазда ричулел къучӏбуздаса гурелги, ракьулъ бекьун гӏезабулеб нигӏматалъулъгицин дандчӏвалел ругин абулеб буго гӏалимзабаз. Кинха гьел заралиял жал нилъерго ракьалда бекьараб нигӏматалде гъорлъе кколел? Гьелъие гӏиллалъун ккола рищни-къулалъулъ рукӏунел «абадиял химикатал» (PFAS) лъелъе кколел рукӏин, гьеб чорокаб лъимги хурзабазухъе ва ахазухъе щолеб букӏин.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4897-l-ikil-i-bekani-l-ikil-i-bizhula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4897-l-ikil-i-bekani-l-ikil-i-bizhula", "title": "Лъикӏлъи бекьани, лъикӏлъи бижула", "date": "2019-06-25 12:33:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ингушасул баркалаялъулаб каламалъ рижизарурал пикраби\n«Татарстаналдаса Ингушетиялде вачӏунев вукӏана дун. Калмыказул Элиста шагьаралде щвелалде, ай калмыказул салул авлахъалда машинаги хун хутӏана. Гьеб букӏана цӏакъ багӏарараб къоги. Къечонги вакъунги вугониги, ине бакӏги букӏинчӏо. Сверухълъиялда букӏинчӏо цониги росу-къедго. Цо заманалда дида аскӏоб лъалхъана ГАЗель машина ва, саламги кьун, гьелъул шоферас дида абуна щиб кумек хӏажат бугебилан. Гьев вукӏана дагъистанияв. Амма гьесда дун ингушав вукӏин лъазе ресго букӏинчӏо, щайгурелъул дир машинаялъул номер букӏана Россиялъул цогидаб регионалда хъвай-хъвагӏай гьабураб. Гьединлъидал гьев лъалхъана дие, ай хас гьабун кавказалъуласе яги бусурбанчиясе кумек гьабизе гурев, кумекалде хӏажатасе кумек гьабизелъун. Дица гьесие баркала кьуна ва абуна машина тӏад лъезе эвакуатор ахӏун бугин, дуе, бихьинчи, нух битӏагийин.\nБащдаб сагӏат ун букӏун батиларо, дида аскӏоб лъалхъана «Рено» маркаялъул машина. Рулалда нахъа йигоан чӏужугӏадан ва машинаялъур – гӏисинал лъимал. Гьалъгӏаги дие щиб кумек гьабизе бугебилан пикруги гьабулаго, дун гьелда аскӏове ана. Гьей ятана калмыкай, Виктория. Гьелъ дихъе бегьана нигӏматазул цӏураб къвачӏа ва абуна пуланаб ГАЗелалъул шоферас духъе кьейин битӏанин гьабилан. Къвачӏинибин абуни бугоан кванил нигӏматалги цӏорораб лъел шушбиги. Гьеб лахӏзаталда жаниб дида кӏочана дунго вугеб бакӏ, хвараб машина. Дир бадиб хулана магӏу. Бихьулищха цо чиясул гӏаданлъи, сахаватлъийилан ккана ракӏалде.\nХӏурматияв вац, дагъистанияв, гьаб дица хъвараб жо киб бугониги дуца цӏалани, дуда лъай, дур вац ингушас Аллагьасда гьарулеб букӏин дуе талихӏаб гӏумру. Дуца гьабураб лъикӏлъи, гӏаданлъи киданиги кӏочон теларо ва гьедин гьабизе дицагоги хӏаракат бахъила. Дуца дихъе кьураб лъикӏлъиялъул цӏураб эстафетаялъул гьаб тӏилги цогидазухъе кьезе дица тӏадеги босула. Гьебгиха, я миллаталъухъ, я диналъухъ, я куцалъухъ балагьичӏого.\nАллагьас алжаналъуб цӏорораб лъедалъун къеч буссинабеги дур.\nМухӏамад Булгучев, Ингушетия».\nСоциалиял гьиназдаса тӏибитӏизабураб гьаб лъугьа-бахъин цӏалидал, рекӏее асар гьабичӏев чи къанагӏатги хутӏун ватиларо. Цо дагъистанияс гьабураб гьитӏинабго гӏаданлъиялъ, хӏакъикъаталдаги, жеги-жеги чӏухӏизабуна Дагъистанго. Ракӏ бохана нилъ-дагъистаниял гьединал, иманги ияхӏги чорхолъа лъугӏичӏел рукӏиналдаса. Россиялъул телевидениялдаса кьолеб цо передачаялдаги, рикӏкӏа-рикӏкӏаде хьвадулел юк баччулел машинабазул шоферзабаз, гьебгиха гӏурус миллаталъулаз абулеб букӏана, нухда къварилъи ккун чӏани, дагъистанияз гурони машина лъалхъизабуларин, 05 регионалъулас гурони кумекалъулаб квер бегьуларин. Гьеле гьединал руго нилъ. Нилъеда лъала гьабураб лъикӏлъи кида-къадги тӏадбуссун бачӏунеблъи. Нилъеда лъала лъикӏлъи гьабулел Аллагьасда кӏочон толареллъи. Гьеле гьеб лъай буго чиясул унго-унгояб талихӏги. Лъикӏаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгӏияталъеги пайда гьабулелъулха.\nНилъеда гьоркьор гӏезегӏан руго ракьалда лъикӏлъи бекьулел гӏадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цӏар рагӏизелъун яги жидеего цо щиб бугониги щвезелъун гьединаз хӏалтӏиги гьабуларо. Гьез лъикӏлъи бекьула Аллагьасе гӏоло, гьединазул лъалкӏги ракьалдаса киданиги тӏагӏунаро. Цо гӏакъилав чияс хъвалеб буго дуде тӏаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хӏалбихьейин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тӏагӏам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекӏее лъугьунеб бигьалъи. Хӏакъикъат гьединаб буго, гьедин гьабуразда гурони гьелъул тӏагӏамги лъаларо. Мунагьазул бакӏаб гьиргун ахираталде арай пуланай гӏадан алжаналде арайила къечалъ холеб букӏараб гьведуе лъим кьуралъухъ. Аллагьасе гӏоло лъикӏлъи гьабурав Аллагьасдаги кӏочон толаро. Къуръаналда бугелъулха, Бетӏергьанасе лъикӏлъи гьабулел рокьулин абун. Хӏакъаб жо, захӏмалъи-къварилъиялда хадуб гӏатӏилъи-бигьалъиги бачӏуна. Кигӏанго цӏакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчӏогоги чӏоларо. Рухьен къарабгӏан гьеб тӏечӏогоги хутӏуларо. Магӏу хисула гьимиялъ, пашманлъи – рохалица. Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукӏалиде ккечӏого хутӏуларо, къваригӏунеб жо буго, Аллагьасде мугъчӏвайги гьабун, гӏицӏго сабуралда рукӏин. Сабуралъул тӏиналдайин батулеб тӏогьол майдан.\nЩивав чияс хӏаракат бахъизе ккола, сундухъго балагьичӏого ракьалда лъикӏлъиялъул мугьал рекьизе. Гьеб расги бигьаяб масъала гуро. Амма, лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тӏаде лъим тӏуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъира балеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хӏаракат бахъизе ккола, гӏакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чӏун, тавакалалъул чодаги рекӏун квешлъигицин лъикӏлъиялде буссинабизе. Роза тӏегьалъул хӏобода рукӏуна зазал. Амма гьелъул тӏарада батула ракӏ тӏаде цӏалеб берцинаб тӏегь. Тӏадегӏанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха (магӏна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракӏкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикӏаб», — абун (2:216).\nХӏабиб Махӏатӏов"}
{"slug": "4898-k-ulgiadukh-k-echon-kholel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4898-k-ulgiadukh-k-echon-kholel", "title": "Къулгӏадухъ къечон холел", "date": "2019-06-25 12:35:01", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бекилалдего бетӏер бухьунеб гьечӏодай Роспотребнадзоралъ?\nМахӏачхъалаялда гӏумру гьабун вугев пенсионер Асхӏабов Камилица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Дун институталде цӏализе вачӏараб 1971 соналда тахшагьаралъул пляжалда чӏвараб игӏланалда хъван батана «ралъдал лъим чороклъун буго, чвердезе бегьуларо» абун. Жакъаги гьебго, ай гьединабго хъвай-хъвагӏай тӏад гьабураб игӏлан гьебго бакӏалда чӏван буго. СМИяз гӏемер бицунеб букӏана Махӏачхъалаялдаги Каспийскалдаги гьоркьоб канализациялъулаб коллектор балеб бугин, кватӏичӏого ралъдал лъим хъублъиялдаса бацӏцӏалъизеги бугин. Амма исанаги Роспотребнадзоралъ хӏинкъизарулел руго ралъдалъ чвердезе бегьуларинги абун. Чвердезего бегьулареб ралъад нилъее щибизе?\nКватӏичӏого Дагъистан туристазул Маккалъун лъугьине бугилан хӏакимзабаз пулеб букӏана, рачӏинадай туристал хъубаб ралъдалъ чвердезе?!»\nАсхӏабовасул кагътида рорхулел ругел суалазул цӏех-рех гьабизе нижеца байбихьана Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялдасан. Гьениб гьадин бицана: «Махӏачхъала, Каспийск, Дербент, Избербаш шагьаразул ва Гъарабудагъкент районалъул гӏадамаз хӏухьбахъи гьарулел пляжазда (рекреациялъулаб зона) нижер специалистаз санитариябгун гигиенаялъулаб цӏех-рех гьабуна. Махӏачхъалаялъул «Городской пляж», «Березка», «Прибой», «Джами», «Загородный», «Черные камни» пляжазул ралъдал лъел гьабураб цӏех-рехаз бихьизабуна, гъоркьисаго гӏадин, исанаги Каспий ралъдал лъелъ ругел заралиял бактериязул къадар букӏине бегьулелдаса лъабго-ункъо нухалъ цӏикӏкӏун букӏин. Гьединлъидал кӏудияб хӏинкъи буго ралъдалъ чвердарал гӏадамазде захӏматал бакьазул унтаби рахиналда ва гьел тӏиритӏиялда.\nЦересел соназде дандеккун, 2019 соналъул авалалдаса нахъе, Махӏачхъалаялда бакьазул унтабаз унтаразул къадар микьго проценталъ цӏикӏкӏун буго. Тӏоритӏарал эпидемиологиял цӏех-рехаз чӏезабуна 2018 соналъул июль-август моцӏазда чехь-бакь унтаразул 60 процент ралъдалъ чвердеялдалъун ккараб букӏин. Ралъдал лъим чороклъиялъе бугеб аслияб гӏиллаги ккола гьоркьоса къотӏичӏого Каспий ралъдалъе чвахулеб бугеб канализациялъул хъублъи ва ракьалдасан чвахулеб чорокаб лъим. Щибаб къоялъ Махӏачхъалаялдаса Каспий ралъдалъе чвахулеб буго 150 азарго куб. метр бацӏцӏад гьабичӏеб, ай заралиял бактериял хвезаричӏеб канализациялъул ва тӏасан чвахулел хъублъаби.\nМахӏачхъала, Хасавюрт, Гъизилюрт, Гъизляр ва Южно-Сухокумск шагьаразул канализациялъул хъублъаби рацӏцӏунел станциял чара гьечӏого цӏигьарун къачӏазе ва гӏатӏид гьаризе ккола. Гьеб гуребги, пляжалъул ракь жидер жавабчилъиялда бугел шагьаразул ва районазул бутӏруз, тӏалабазда рекъон гьаризе кколел хӏалтӏабазде кьолеб кӏвар буго гӏей гьечӏеб:\n— гьечӏо ралъдал лъеда ва салул даражаялда хадуб лабораторияб халкквей;\n— тасдикъ гьарун гьечӏо ралъдал лъедаса пайда босулел районал, низам ва магӏишатиял хӏалтӏаби;\n— рехун тун буго ралъдал лъел санитариял тӏалабазда рекъон санитариябгун эпидемиологияб хӏасилияб хӏукму гьабиялъул хӏалтӏи.\nТӏадехун рехсарабги хӏисабалде босун, 2019 соналъул анкьабилеб июналда Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул бетӏерав санитарияв тохтурас «О введении ограничительных мероприятий по запрещению купания в черте прибрежной полосы г. Махачкалы» абураб хӏукмуялда гъоркь гъолбасана. Гьединго «О направлении материалов о нарушении санитарного законодательства для решения вопроса о возбуждении уголовного дела» абулеб хӏукму битӏана ДРялъул прокуратураялде».\nРоспотребнадзоралъул управлениялъ хадубккунги кьварун халкквезе буго ралъдал лъеда, гьединго республикаялъул рекреациялъул зонабазул санитариябгун гигиенаялъулаб даражаялда хадуб. Низам хвезабурав чи, РФялъул законалда рекъон, тамихӏалдеги цӏазе вуго.\nГьеб масъалаялъе гьадинаб баян кьуна тахшагьаралъул «Городской пляж» АОялъул директор Мухӏамадов Арсеница: «Ункъо-щуго соналъ цебе лъелъе чвахулаан канализациялъул рацӏцӏад гьаричӏел хъублъаби. Махӏачхъалаялъул бетӏерлъун вукӏарав Муса Мусаевасул буюрухъалда рекъон, хъублъи цоги рахъалде буссинабуна, ай шагьаралъул канализациялде чвахизабуна. Жакъа нижер пляжалъул ралъдал лъимги салиги гӏадамазул сахлъиялъе щибго хӏинкъи гьечӏеб хӏалалда бацӏцӏадго чӏезабун буго, хӏухьбахъулелги гьелдаса рази руго. Я гъоркьиса, я исана чвердолезул чехь унтанилан цониги гӏарз рагӏичӏо. Дунгоги щибаб къоялъ кӏиго-лъабго нухалъ ралъдалъ чвердола».\nГьеб суалалда тӏасан нижеца гара-чӏвари гьабуна цо-цо хӏухьбахъулезулгунги. Масала, пенсионер Гӏабдулаев Гӏисаца бицана:\n— Щуго-анлъго соналъ цебеги ралъдал лъим чвердезе гъира балареб куцалда чороклъун букӏана, жибго пляжги кьишниялъул цӏун букӏунаан. Жакъа гьаниб гьеб рахъалъ лъалеб мадар лъугьун буго. Дун гьанив аскӏовго гӏумру гьабун вуго, гьединлъидал щибаб къойил радалги къасиги чвердезе ва физзарядка гьабизе гьаниве щола. Исана дида рагӏичӏо ралъад чорокаб бугин гӏарз гьабулев чиги.\nЮжно-Сухокумскалдаса Ахӏмадов Мухӏамадица бицана:\n— Дица васасе рагӏи кьун букӏана лъикӏал къиматазда цӏалул сон лъугӏизабуни, ралъад бихьизе вачине. Гьесие лъелъа къватӏиве вахъинего бокьулеб гьечӏо. Тӏаде балагьун щибха лъалеб, амма ралъдал лъеда чӏвазе гӏайиб дида лъаларо. Ракӏалда буго бачӏунеб анкьги ралъдахъ тӏамизе.\nСургуталдаса ячӏарай пенсионерка Нина Ивановалъ бицана:\n— Астмаялъ гӏакъубаялда унеб буго дир гӏумру. Ралъдал гьаваялъ кумек гьабулин абун, тохтурасги малъун, ячӏана дун гьание. Гьанив дида лъалев чиги гьечӏо, гьелъ чадирги чӏван, дун пляжалда гӏумру гьабун йиго. Хинаб ралъдал цӏамул махӏ бугеб бацӏцӏадаб гьаваялъги, тамахаб салиялъги, гвангъарал бакъул къоязги дир унтиялъе лъалеб мадар лъугьунеб буго. Ралъдал лъим чорокаб бугилан нужеца бицунеб жо дида бичӏчӏуларо.\n«Азия» турфирмаялъул директор Мухӏамад Жамаловас бицана:\n— Дун вуго гӏумруялъго туризмалда хӏалтӏулев чи. Къватӏиса рачӏарал туристаз тӏоцебе ралъад цӏехола, гьел рачӏинахъе пляжалде гӏедегӏула. Хӏакимзабаз, кӏалдиб лъимккун, бицуна Дагъистаналда туристазе экскурсиязе гьадинал-додинал цӏакъал бакӏал ругилан. Гьеб буго гьадингосеб чун-чун харбал. Чорокаб ралъдахъе туристал рачӏунаро. Махӏачхъалаялда балеб канализациялъул коллекторги хӏалтӏилин, ралъдал лъимги бацӏцӏалъилин абураб божилъи букӏана. Пайда щиб, гьеб анищ хӏорго хутӏана. «Исана Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏана» абун СМИяздасан тӏалъиялъ рицунел гьерсаздаса жалго хӏакимзаби нечезе ккела.\nРосприроднадзоралъул официалиял баяназда рекъон, щибаб соналда Каспий ралъдалъе рехулеб буго хъубал лъиназул 900 млн, Махӏачхъалаялдаса — 250 азарго куб. метр чорокаб лъел. Гьединаб ралъдалъ чвердезе щив вачӏинев, кинаб туризмалъул нилъеца бицунеб бугеб?\nЖакъа Махӏачхъалаялъул канализациялъул коллектор баялда унел ругел хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул бакӏал раялъул ва ЖКХялъул министерствоялъул коммуналиял инфраструктурабазул управлениялъул начальникасул заместитель Суфи-Гӏумар Арслановас:\n— 2006 соналда байбихьана гьеб коллектор базе. Гьеб базе биччан букӏана ва хвезабуна 5063,39 млн гъуруш, гьелдасан 3015,61 млн гъуруш букӏана федералияб бюджеталдаса биччараб.\nГьел сурсаталги хвезарун, 9,7 километр халалъиялъул тоннелалъулаб коллектор бана, ай тӏуразаруна гьаризе кколел хӏалтӏабазул 65,5 процент. 2016 соналдаса нахъе гьеб объект базе биччалеб гӏарац къотӏизабуна. Федералияб программаялда гьоркьобе гьеб объект бачиналъул мурадалда тӏоритӏана коллекторалъул бан бахъараб бутӏаялъул инструменталияб цӏех-рех гьаби, гьелъул хӏасилалда гьабун буго хадур тӏоритӏизе кколел хӏалтӏабазул сияхӏ ва тӏубазабуна техникиябгун экономикияб хӏужаби рачин.\n«Институт «Ростовский водоканалпроект» АОялъул специалистаз халгьабуна коллекторалъул гьарун рагӏалде рахъарал хӏалтӏабазул даражаялъухъ. Коллекторалъул базе хутӏун буго жеги 5,1 км, гьеб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабиялъе къваригӏуна 16 млрд гъуруш. Тоннелалъул щибаб 100 метралъул багьа гӏага-шагарго 40 млн гъуршиде бахуна. Москваялъ халгьабулеб буго коллекторалъул документациялъухъ, хӏадур гьабизе буго гьелъул проекталъулабгун сметаялъул документация. Хӏалтӏуде байбихьизе буго тӏадеялъул, коллектор баялъул хӏалтӏи лъабго соналдасан лъугӏизе ккола. Аслияб къагӏидаялда гьеб коллекторалъ бацӏцӏине буго Махӏачхъалаялъул Ленинский ва Советский районазул, гьединго Кировский районалъул цо гьитӏинабго бутӏаялъул канализациялъул чороклъаби. Гьеб районалъул хутӏараб бутӏаялъул канализациялъулаб хъублъаби рацӏцӏиналъе базе ракӏалда буго канализациялъул северияб коллектор.\nНури Нуриев"}
{"slug": "4899-zamanal-ul-goko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4899-zamanal-ul-goko", "title": "Заманалъул гьоко", "date": "2019-06-25 12:39:35", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏалхьи гьечӏеб рекӏел хӏалхьи гьечӏеб хвел\n2019 соналъул кӏиабилеб июналда ватӏаналда букъана имам Шамилил наиб Хӏажимурадил жаназа\nКавказалъул наместник гиназ Михаил Воронцовас, наиб Хӏажимурадил гьариги къабул гьабун, гьесие ихтияр кьуна Нуха шагьаралда (гьанжесеб Шеки) рещтӏине ва гьениб, бакӏалъулаб нухмалъиялъул берзукь, гӏумру гьабизе. Ракӏалде кколаан, Хӏажимурадие расги захӏмалъиларин магӏарухъ хутӏараб хъизамалъулгун бухьен гьабизеян. Амма уездалъул нухмалъиялъ (подполковник Иосиф Каргановас (эрменияв)) гьев къабул гьавуна гьобол хӏисабалда гурев, асир хӏисабалда. Загьирлъулеб букӏана империялъул власталъул Хӏажимурадидехун божилъи гьечӏеблъи.\n1852 соналъул 23 апрелалда, лъутизехъин вукӏаго, Хӏажимурадги гьесда цадахъ вукӏарав кӏиго муридги (Элдар кколаан наибасул вацасул вас) бакӏалъулаб милициялъул нусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс сверун ккуна ва гьениб ккараб рагъулъ чӏвана. Гьеб иш ккана Нуха шагьаралдаса 40 километралъ рикӏкӏад, Беляджик абураб росдада гӏагарлъухъ. Доб заманалда гиназ Воронцовас оборонаялъул министр Чернышевасухъе хъвараб кагътида буго: «Хӏажимурад вукӏана хӏинкъи-къай гьечӏев чи, гьединавлъун хвезеги хвана гьев…», — ан. Гӏурус генерал В. А. Полторацкияс хъвана: «(Бахӏарчиго) хвана цӏар рагӏарав рагъухъан Хӏ.-Мурат, амма кинаб багьаги кьунха нилъее щвараб гьесул жаназа?» — ан. Гьеле гьев инсанасул жаназаялъе гӏакъуба кьезе ракӏалде ккана И. Каргановасда. Гьес буюрана «хиянатчагӏазул», гьездаго цадахъ Хӏажимурадилги, бутӏрул къотӏеян абун. Гьеб «къадруяб» иш гьабизе гьес тӏадкъана Элисуялъул милициялъул пристав Хӏажи-агъадаги гьесул вас Ахӏмад-ханидаги. Бусурбабазул борчги яхӏ-намусги кӏочарал гьезги буюрухъ тӏубазабуна. Полковник А. Л. Зиссерманил рагӏабазда рекъон, Хӏажи-агъацаги гьесул цогидав вас Мухӏамад-ханицаги хъамал гьабуна бетӏер къотӏарав Хӏажимурадил мулкги; гьесухъ батана лъабазарго гъуруш гӏарац (гьесухъе гьеб кьун букӏана, нагагь хӏажалъани абун, гиназ Воронцовас).\nБутӏрул къотӏана Хӏажимурадида цадахъ чӏварав кӏиявго муридасулги ва асирлъуде ккарав жеги кӏиго муридасулги: Хан Мухӏамилги Хӏанипалги. Гьел, гӏурусаздаса лъутулеб мехалда, Хӏажимурадида хадур гъоларого хутӏун рукӏун руго. Хадурккун гьел кквезе щвана ва гьезухъа цин сурав босана, кьуна гӏакъуба, хадуб гьезулги къотӏана бутӏрул. Щуго бусурманчиясул жаназаялъе гьабураб вахӏшилъиялъул жавабчилъи тӏаде ккола Каргановасде.\nПачаясул Россиялда гьединаб вахӏшиб иш ккезе биччалароан (тушманги вукъулаан гьесул диналда рекъонкколеб къагӏидаги цӏунун). Кинниги, жаназаялдаса батӏа гьабураб Хӏажимурадил бетӏер, спирталда гъорлъги лъун, чанго къоялъ цебелъун букӏана Типлисалъул рагъулаб госпиталалда, къиматаб экспонат хӏисабалда. Ритӏана пачаясухъеги оборонаялъул министрасухъеги телал, гӏащтӏичи Каргановасдаса байбихьун, бакӏалъул нухмалъиялъул чӏвадарухъабазде чвахана шапакъатазул цӏад. Ва лъиданиги ракӏалдего ккечӏо, гьеб гӏалхулаб ишалдалъун Россиялъ жибго жинцаго хӏакъир гьабулеб бугин абун.\nХадуб, гиназ Воронцовасул тӏадкъаялда рекъон, Хӏажимурадил бетӏер «эркен гьабуна» гьан-цӏаялдаса ва гвангвара битӏана Санкт-Петербургалде, Гӏелмабазул академиялъул анатомияб музеялде. Гьеб бихьизабуна император Никӏалай Тӏоцевесесдаги оборонаялъул министр Александр Чернышевасдаги.\n1853 соналда империялъул тахшагьаралда Хӏажимурадил гвангвара кьуна медикиябгун хирургияб академиялде, машгьурав тохтур ва гвангварабазул коллекционер Николай Пироговасухъе (1840-абилел соназда гьев щун вукӏана Дагъистаналде). Гьесул букӏун батила гӏелмияб интерес: гьес жинцаго къотӏун букӏана 1846 соналда Салтӏа ккараб рагъулъ шагьидлъарав бахӏарчияв наиб Идрисил жаназаялдаса бетӏерги.\nГӏага-шагарго нусго соналдаса, советияб заманалда (1958 соналда) Хӏажимурадил гвангвара кьуна рагъулабгун медицинаялъул академиялде ва 1959 соналда – Петр Тӏоцевесесул цӏаралда бугеб Ленинградалъул антропологиялъулгун этнографиялъул музеялде (цебеккун – императорасул Кунсткамера; гьенив директорлъун гьанже вуго Юрий Кириллович Чистов). Жакъа къоялъги гвангвара буго гьеб музеялъул гъоркьарокъоб. Бичӏчӏулареб статусалда, кинабали лъалареб мурадалда, тӏад 119 номерги хъван ва экспонат №6521 абун хъвай-хъвагӏайги гьабун. Кунсткамераялда анцӏаза-азар гвангвара букӏанин бицуна. Гьезда гьоркьоса анцӏ-анцӏ гвангвара ккола Северияб Кавказалдаса – Кавказалъул рагъул соназда гьенибе бачӏараб. Лъаларо, Кунсткамераялъул начальник Чистовасе жеги лъугӏичӏогоцин гуродай хутӏун бугеб доб рагъ, щаялиго гьел гӏедегӏулелго гьечӏо гвангвараби ватӏаналде тӏадруссинаризе.\nРоссиялъул бюрократиялъул гъуцӏдуз къахӏан ккун буго\nХӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабизе тӏоцебе хӏалбихьана 1960-абилел соназда Азербайжан ССРалъ. Рехсарал соназда Хӏажимурадил хоб памятниклъунги лъазабуна гьез. Амма гьезда дандчӏвана бюрократиял масъалабазул гӏомогоро. Гьезги гьеб иш жибго тана.\n1990 соназул кӏиабилеб бащалъиялда Пачалихъияб Думаялъул депутат Надир Хачилаевасги миллияб политикаялъул министр Рамазан Гӏабдулатӏиповасги, щивас батӏаго, ай цоцада дандбачӏого, байбихьана гьебго масъала тӏубазе. Амма гьезул хӏаракатги хӏорго хутӏана: гьезухъа бажаричӏо «тӏад кӏалъазе бакӏ течӏел» Кунсткамераялъул бюрократазул хӏужабазде данде далилал рачун.\n1990-абилел соназда рехсараб музеялъул бетӏерлъуда вукӏарав Чунер Таксамица бицана, жидехъе хитӏаб гьабунила Пачалихъияб Думаялъул депутат Н. Хачилаевас. Амма жидеца гьесие инкар гьабунила, «Хӏажимурадил гвангвара казенияб мулк кколин ва къватӏибе кьезе бегьуларин» абун (гьаб сайталда балагьизе бегьула гьелъул хӏакъалъулъ В. Тарасовасул видео-репортажалъухъ: https://sandinist.livejournal.com/151080.html?fbclid=IwARImLsdbkzPHNXTfubjRhP3рхӏ-MTnT3jSROsUoOh6SP_Y6uEVGDER0_w4k). Гьенибго РАНалъул археологиялъулгун этнографиялъул институталъул отделалъул нухмалъулев Илья Гохманица бицунеб буго: «Россиялъулазул кинабгӏаги бухьен гьечӏо (Хӏажимурадил бетӏер къотӏиялде), гьеб буго кавказалъулазул иш. Ва гьедин гьабулеб буго жакъа къоялде щвезегӏанги», — ян (?!). Гьев кӏиявго «гӏалимчи»-бюрократасул пикрабазда рекъон, Хӏажимурадил жаназаялдаса бетӏер батӏагьабурал ва империялъе ритӏухъал лагъзал (Хӏажи-агъаги гьесул вас Ахӏмад-ханги) – россиялъулал кколаро ва Кавказалъул рагъги жеги лъугӏун гьечӏо гьезие.\nХӏакъикъаталда, дида лъалеб бакӏалдаса, гьелго соназда Калмыкиялъул президентлъун вукӏарав Кирсан Илюмжиновас бичун босана музеялда букӏараб жиндирго ракьцоясул гвангвара. «Казенияб мулк» букӏиналъги гьабичӏо гьезие квалквал, гвангварабиги ричун, бечелъизе. Гьелъухъ щвезе бегьулеб гӏарцуда хьул лъеялъцин гуродай жеги нахъе кьоларого бугеб Хӏажимурадил гвангвараги?\n1990-абилел соназул ахиралда гьеб ишалда гьоркьобе лъугьана Хунзахъ районалъул жамгӏият, тӏоцебесеб иргаялда, Хӏажимурадил ирсилав Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовги, наибасул гӏагарлъиги: профессор Мухӏамад Аммаевги, предприниматель ва меценат Расул Хъазанбиевги ва цогидалги. Гьез борхана гьеб масъала республикаялъул власталъул даражаялда ва 2000-абилел соназул байбихьуда ккана гьелъул тӏоцебесеб хӏасилги.\nГьеб заманалда ишалда гьоркьобе лъугьана ДРялъул Пачалихъияб совет (гьелъул председательлъун вукӏарав Мухӏамадгӏали Мухӏамадов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат Хӏажимурад Гӏумаровги). Гӏуцӏун букӏана Пачалихъияб советалъул председателасда цебе хасаб комиссияги. 2000 соналъул 27 январалда М. Мухӏамадовас Владимир Путиниде гьабураб №20-12 хитӏабалда хъван буго: «Гьабун буго Бакуялъулгун къотӏи, Хӏажимурадил жаназа ватӏаналде босиялъул хӏакъалъулъ». Гьес улкаялъул президентасда гьарулеб букӏана, хасаб указалдалъун, Хӏажимурадил гвангвараялъул статус хисизабеян, ай культурияб ирсалъул объект – музеялъул къиматаб экспонат кколин абураб хъвай-хъвагӏаялъул бакӏалда «инсанасул жаназаялъул хутӏел» абун чӏезабеян. Гьес мугъчӏвалеб букӏана РФялъул батӏи-батӏиял министерствабазулгунги РАНалъулгунги гьарурал къотӏабаздеги.\nАмма… Музеялъул директорлъун ккарав Юрий Чистов ватана жеги кьварарав бюрократги бахьикъосги. Гьес гьеб ишалда гьоркьове цӏана цевеккун РФялъул культураялъул министрлъун вукӏарав Михаил Швыдкой. «Известия» газеталъе интервью кьолаго (2004 соналъул 5 июнь), гьес абулеб буго: «РФялъул Культураялъул министерствоялъул (Швыдкоясул) хӏукмуялда рекъон, Хӏажимурадил гвангвара нижеца бахъана антропологияб коллекциялъул сияхӏалдаса. Гьанже букӏине ккола юридикияб хӏукму ва Культураялъул министерствоялдаса, РАНалъулгун дандбан хӏадурараб ва гвангвара лъихъе кьезе бугебали бихьизабураб кагъат. Гьединаб кагъат нижехъ гьечӏо». Гьеб жавабалда нахъегӏанлъиян гурони батӏияб цӏар абизе бачӏунаро.\nХӏасил-калам, М. Мухӏамадовасги Хӏ. Гӏумаровасги гьеб иш рехун тана, Кунсткамераялъул администрациялъухъеги РФялъул Культураялъул министерствоялдеги хъварал кагътазул хӏасил кколареблъиги бихьун.\n2012 соналда Хӏажимурадил гвангвара жаназаялда аскӏоб букъиялъул мурадалда, азербайжаназул кумекалдалъун хӏалбихьана Р. Ивановас. Амма Ю. Чистовас гьесиеги кьуна долго жавабал, рицана Азербайжаналда букъараб жаназаги музеялда бугеб гвангвараги цого чиясул бугеблъи чӏезабизе, экспертазул комиссия гӏуцӏизе кколин абурал «маргьаби». Гьесда цевеккун директорлъун вукӏарас мухбир В. Тарасовасда рихьизарун рукӏана гвангвара Хӏажимурадил кколеблъи тасдикъ гьабулел гӏемерал кагъталги ва Щекаялда хоб Хӏажимурадил букӏиналде Азербайжаналъулги кинабгӏаги щаклъи гьечӏониги (гьеб чӏезабуна 1959 соналдаго). Къокъго абуни, гьечӏел хӏужаби бигьаго ратун руго гьесда. Батила гьелъие гӏилла – бечелъизе хьул лъейги. Гьесда лъалелъулха, кигӏан къиматаб гвангвара гьеб бугебали. Гьедин иш рагӏалде бахъинабун бажаричӏого, гӏумруялдаса ватӏалъана Ивановги.\nЖигарчилъи сасараб заманалда гьеб иш кодобе босана «Лев Толстой ва Кавказ (Дагъистан)» абураб проекталъул гӏуцӏиялъул комитеталъ. Гьелда гъорлъе уна Хӏажимурадил ирсилав Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовги. Хӏукму ккана, ирсиласул цӏаралдасан гванвара тӏадбуссинабиялъул иш тӏадкъазе Л. Толстоясул ирсилав Владимир Ильич Толстоясда. Гьев вуго РФялъул президентасул культурияб рахъалъ гӏакълучи. 2010 соналдаса нахъе гӏуцӏиялъул комитеталъ гьудуллъиялъулаб бухьен гьабуна «Ясная Поляна» абураб Л. Толстоясул пачалихъияб музеялъулгун (дол соназда гьелъие нухмалъи гьабулеб букӏана В. Толстояс). Гьезулгун цадахъал проекталги гӏумруялде рахъинаруна: Ясная Полянаялда бугеб Пироговасул имениялдаги, Москваялдаги, СКФОялдаги (тӏобитӏана «Л. Н. Толстой ва Кавказ» абураб темаялда сочинениялъул къец), Махӏачхъалаялдаги, Хунзахъ районалдаги.\nПетр Олегович Толстоясдаги (машгьурав тележурналист) В. И. Толстоясдаги бичӏчӏана, гӏуцӏиялъул комитеталъул гӏахьалчагӏазул кьучӏаб бербалагьи букӏин ва гьезги жигараб гӏахьаллъи гьабуна гьелъул проектаздаги ишаздаги.\nГьанжеги байбихьана лъугӏел гьечӏел кагътазул заман: Л. Толстоясул ирсилазулгун гӏуцӏиялъул комитеталъул, Санкт-Петербургалъул музеялъулгун, РАНалъул нухмалъигун. Гьанже аслияб квекӏенлъун лъугьана Хӏажимурадил гвангвараялъул статус. Ахирги В. Толстоясухъа, Владимир Путинил квербакъиялдалъун, бажарана гьеб масъала тӏубан (2018 соналъул 19 июлалда бахъараб №1279 хӏукму). Амма, 2019 соналъул 21 январалда В. Толстояс «Ритӏухъаб Россия» партиялъул цевехъан Сергей Мироновасухъе хъвараб кагътида рекъон, РФялъул администрациялъ абулеб букӏана, «ДРялъул нухмалъиялъулгун дандбараб пикруялдалъун, Хӏажимурадил жаназаялъул хутӏел кьезе буго цо дагьалъ хадуб, республикаялъул политикияб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун» (?!)\nГьебго бицана гьес гӏуцӏиялъул комитеталъул координатор Жамал Гӏумаровасдаги. Рехсараб комитеталъ хӏукму гьабуна гьеб ишалда сверухъ ахӏи бахъинабичӏого тезе. Щайгурелъул бичӏчӏизе кколаан, Дагъистаналъул кинаб политикияб ахӏвал-хӏал сабаблъун иш нахътӏамун тарабали. Нилъер гьаниб рагъищ яги кьалищ бугеб? Амма Хӏажимурад Гӏумаровас, аскӏов эхетарав С. Мироновгун цадахъ суратги бахъун, хехгьабун гьеб хабар тӏибитӏизабуна январалъул ахиралда, «гьалеха дун, гьеб халатбахъараб къисаялъе ахир лъурав багьадур» абулеб гӏадин. Гӏолохъанлъиялъул гӏанчӏлъиян абула гьединаб жоялда.\nНижее баянлъана, Дагъистаналъул нухмалъиялъухъе мухӏканлъичӏел баянал щвараблъи ва гьелда бан гьез гьеб ишги нахъе тӏамураблъи. Гьедин букӏуна щакаб бакӏалда бицараб жоялда божараб мехалда. «Хъахӏаб рукъалда» бичӏчӏана жидер ккараб «гъалатӏ» ва кватӏичӏого, Хӏажимурадил гвангвараги тӏадбуссине буго жаназаялъухъе. Бокьилаан гьелда цӏакъ божизе.\nБукӏинеселде дарсал\nМоскваялдаги Санкт-Петербургалдаги бичӏчӏулеб бугодай, кигӏан рекъечӏеблъун бихьулеб бугеб тӏолабго дунялалда Россия, гьеб иш сабаблъун? Тӏаде щун буго XХӀ гӏасру, гьелин абуни – гӏелмияб лъайги властьги кодосел – «расандулел руго» цереккун тушбабигунищали къайицадахъаллъунищали рукӏаразул гвангварабигун. Гӏалхуллъиян гурони, щибха гьелда абилеб?\nДагъистаналъул политикияб хӏалалъулъ лъикӏаб гьечӏеб хӏасил ккезабизеги бегьула Кавказалъул рагъул бахӏарчиясул гвангвараялда сверухъ анцӏ-анцӏ соназ халатбахъараб вала-рахасалъ. Дагъистаналъул гӏемерисез бихьичӏеб ххвел гьабуна Хӏажимурадил жаназаялъул хутӏел бикъиялда бан. Гьеб кинабго гьабуна балъго ва Азербайжаналда ругел нилъерго ракьцоязул пикруялъул тӏалабги гьабичӏого. «Ахир-къадги ватӏаналде тӏадбуссана Хӏажимурадил жаназа» абураб пикруялъги ккун батила гьедин. Гьеб ракӏалдаго букӏинчӏеб иш ккеялъеги аслияб гӏилла ккола «лъоба тӏалъиялда» ругезул политикаялъул хӏасил. Гӏадамазул закониял тӏалабазул сан гьабичӏолъиялъ гьалаг гьабуна гӏолилазул ццим. Бегьула гьел ричӏчӏизе, амма гьезда бицине ккола, гьедин бегьуларин абун.\nДоба, Кӏахъ районалда бухъ-бухъун бараб Хӏажимурадил хабалъ жеги хутӏана гьесул рукьби. Гӏедегӏалихъе иш тӏубалаго, нилъер «бахӏарзазухъа» бажарун гьечӏо рагӏа-ракьанде щун, киналъулго халгьабизе. Гьанже буго Хӏажимурадил кӏиго хоб. Щибха гьабилеб? Дида ракӏалде ккола, гьеб иш тӏубазе кколин Азербайжаналъул власталъулгун гӏакълуги дандбан.\nМикьабилеб июналда Хунзахъ букӏана кӏудияб мажлис. Гьениб хӏукму гьабуна Дагъистаналъул вакилзабазул кӏудияб къокъа Азербайжаналде битӏизе: дора ругел нилъер ракьцоязда тӏасалъугьаян гьаризеги, Азербайжаналъул нухмалъигун дандчӏвазеги. Гурони, мадугьалзабазда ракӏалде ккезе бегьула, киналго дагъистаниял авантюристал ругин абун. Жеги ракӏалде ккана нилъер къадруял патриотазулгун ва исламиял гӏалимзабазулгун гӏакълу дандбазеги. Гьайгьай, кинабго дандбазе ккола Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги нухмалъиялъулгун.\nКӏудияб кӏваралъул иш балъго гьабулеб мехалда, тӏубаларо «пайдаяб» гьереси хӏалтӏизабичӏогоги. Гьединаб гьересилъун ккана, Хӏажимурадил жаназа ватӏаналде тӏадбуссинабиялда бан, Л. Толстоясул ирсилазулгун къотӏи гьабун бугин яги гьезулгун гӏаммаб пикру кканин абурал харбал цереккунго тӏиритӏизари. Букӏинчӏо кинабгӏаги къотӏиги гьабун – гьедин лъазабуна хъвадарухъанасул ирсилаз гӏуцӏиялъул комитеталъул координаторазда. Гьез тӏадеги жубана: гьединаб авантюра ракӏалде ккарал гӏадамазулгун кинабгӏаги бухьенги жидее хӏажат гьечӏилан абун.\nБегьуларо гьединал гӏадамазул ракӏхварал ишал гьаризе. Гӏиси-бикъинал жал сабаблъун, квалквал кколеб буго Дагъистаналъе кӏудияб кӏвар бугел масъалаби тӏураялъе букӏараб кумекалъе – гьеб бичӏчӏизе ккелаанха. Гьедин гӏуцӏун букӏана иш нижеца, Ясная Полянаялдаги, Хунзахъ районалдаги, Махӏачхъалаялдаги памятникал рагьулеб заманалда. Гьениб аслияб хӏаракат гьабуна Жамал Гӏумаровасги Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловасги. Буго цо чанго проект, гӏуцӏиялъул комитеталъги Толстоязги цадахъ хӏадурараб. Аллагьас хъван батани, рес щвела Хӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабизе гуребги, гьел проектал гӏумруялде рахъинаризеги. Аслияб жо буго реццалъе гӏоло терхечӏого, бигьагьабун пайдаяб иш гьаби.\nДенга Халидов,\nРоссиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул председателасул заместитель\n«Лев Толстой ва Кавказ (Дагъистан)» абураб проекталъул гӏуцӏиялъул комитеталъул член, хъвана рехсараб комитеталъул гьариялда рекъон"}
{"slug": "4900-ministral-ul-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4900-ministral-ul-pikrabi", "title": "Министралъул пикраби", "date": "2019-06-25 12:42:32", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дагьлъун руго гӏолохъанал учительзаби\nДагьлъун руго гӏолохъанал учительзаби\nРФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильева:\n«Гӏаммаб лъайкьеялда цебечӏун буго кӏиго кӏудияб масъала»\n1. Улкаялда гӏумруялде бахъинабулеб буго «Лъайкьей» абураб миллияб проект. Гьелъул аслияб мурад ккола дунялалдаго бищун лъикӏаб лъайкьей бугеблъун рикӏкӏунеб 10 пачалихъалъул сияхӏалда гъорлъ Россияги рехсей.\n2. Гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккана школалъул цӏалул тӏахьазда рукӏарал гъалатӏал ритӏизарулаго.\n3. Лъайкьеялъул рахъалъ масъалаби тӏуразарун гӏоларо. Кидаго берзукь чӏезабизе ккола гӏолеб гӏелалъе тарбия кьейги. Гьелъие квербакъулеб алат ккола адабият. Нилъер лъималазухъа бажарулеб гьечӏо цӏалараб тексталъул хӏакъалъулъ жидерго пикру загьир гьабун. 1984 соналда нилъер улка букӏана функциялъулаб цӏалиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏалда. Щибха гьелъул магӏна? Пуланаб текстги цӏалун, гьелъул магӏнаял бутӏабазул кьучӏалда тезисал хӏадур гьари – гьеб иш гьанже бажаруларо школалъул выпускниказул гӏемерисезухъа. Гьединлъидал хӏукму гьабуна функционалияб цӏалиялде кьолеб кӏвар цӏикӏкӏинабизе. Регионаздаги байбихьана «Функциональная грамотность» абураб программа хӏалтӏизабизе.\n4. Гӏолохъанал учительзабазул къадар буго цӏакъго дагьлъун – цо миллионгун 280 азаралда 582 учителасда гьоркьоса 5,5 процент гурони гӏолохъабазул гьечӏо. Школазе хӏажат руго учительзаби. Бюджетиял бакӏазда цӏализе педагогиял вузазде вачӏуна 63 азарго выпускник, школазде хӏалтӏизе уна 32 азарго. Гьединаб хӏал букӏиналъе гӏиллалъун ккола мукъсанаб харж гуребги, школалда хӏалтӏизе хӏинкъи букӏинги. Гӏолохъанал учительзаби школалде рачӏиналъул мурадалда 2020 соналдаса нахъе байбихьизе буго «Земский учитель» абураб программа хӏалтӏизабизеги. Харжалъул базовияб бутӏа бахинабизе ккола 70 проценталде ва 30 проценталде – гъирабазабиялъулаб бутӏа. 20-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ бицунеб буго, педагогиял вузазде цӏализе унин цогидал бакӏазда цӏалун бажаричӏел гӏолилалин абураб хабар. Гьединаб мехалда кинаб къадру букӏинеб учителасул махщалил? Гьебго заманалда нилъер улкаялда буго учительзабазул хъизамазул 700 династия. Гьелъул хӏакъалъулъ бицинего бицунаро.\n5. Цӏиял школал разе кколел регионал гӏезегӏан руго. Аслияб масъала буго лъабго сменаялда цӏалиялъе ахир лъей. Росабалъ школа ккола социалиябгун культурияб центр. Гьединлъидал кинаб батаниги школа къазе биччазе бегьуларо. Ракӏалда буго «Тарихазул школа» абураб проект гӏумруялде бахъинабизеги материалиябгун техникияб рахъалъ школал хьезаризеги. Цо-цояз бицунеб буго дида ракӏалда рагӏулин школал къазе, учительзаби хӏалтӏи гьечӏого тезе, чистописаниялъул бакӏалда гӏисинлъимал компьютералда нахъа чӏезаризе. Гьеб буго кьучӏ гьечӏеб хабар. Букӏине буго хехаб интернет. Учительзабазе рес щвезе буго, шагьаралдаса рикӏкӏадаб росулъ хӏалтӏулев вугониги, Интернеталъул кумекалдалъун машгьурал методиказдаса пайда босизеги, цӏали пайдаяблъун гьабизеги.\n6. ЕГЭялъул къокъаб хӏасил хисизабизе бегьула. Амма тӏубанго гьелдаса инкар гьабизе гьечӏо.\n7. Цӏалул программаби камил гьариялдаги лъайкьеялъул стандартал цӏигьариялдаги цадахъго хӏажат буго педагог цеветӏезавиги. Гьединлъидал миллияб проекталъул бутӏалъун гьабун буго «Букӏинеселъул учитель» абураб федералияб проектги.\nМалвина Мухӏамадова"}
{"slug": "4901-akhii-bakh-arab-ish", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4901-akhii-bakh-arab-ish", "title": "Ахӏи бахъараб иш", "date": "2019-06-25 12:44:42", "categories": ["obshestvo"], "text": "Черновикалъул» журналистасул рахъалъ рагьана уголовияб дело\n2019 соналъул 14 июналда «Черновик» газеталъул отделалъул редактор Гӏабдулмумин Хӏажиевасул рокъоб чӏухь бана РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Цӏех-рехалъул управлениялъулги МВДялъулгун ФСБялъулги хӏалтӏухъабаз. Хӏажиевасул хъизаналъ бицана гьез рокъоса росун анин смартфоналги, ноутбукалги, лъималазул планшеталгицин.\nГӏабдулмумин Хӏажиев щвезавун вуго Цӏех-рехалъул управлениялде. Гьесухъе гьеб параялъго виччан гьечӏо адвокат Арсен Шабанов. Хадубккун, Хӏажиевасухъа сурав босун бахъиндал, баянлъана гьесде гӏунтӏизабулеб гӏайиб букӏин терроризм тӏибитӏизабиялъе квербакъи гьабиги террористазул къокъадулъ гӏахьаллъиги. Хӏажиевасин абуни лъазабуна гьел такъсирал жинца гьаричӏин ва жинда гӏайибги гьечӏин.\nГьебго къоялъ «Черновикалъул» редакциялъ гьабураб хитӏабалда хъвалеб буго: «Гьеб ккола, къокъго абуни, Москваялдаса журналист Иван Голуновасухъе наркотикал рехиго гӏадаб иш. Чи жанив тӏамизе бокьун бугони, хасго гьев дагьавниги диналъулгун гьоркьоблъи бугевги вугони, багьана батизе захӏматаб жо гуро. Гӏабдулмумин Хӏажиев вуго нижер редакциялъул цевегосев хӏалтӏухъан. Динияб темаялда гьес хъварал макъалаби кидаго рукӏана лъикӏлъиялде, сабуралде ва ракълиде гӏадамал ахӏулел. Гьел рокьулаан цӏалдолезе ва гьезда тӏасан бахӏсалги камулароан. Магӏна-гӏинго гьечӏеблъун рикӏкӏуна нижеца, Хӏажиевас терроризм тӏибитӏизабиялъе гӏарац биччалеб букӏанин абураб пикруги. Къуваталъул идарабазул хӏалтӏухъабаз абулеб буго, «щаклъи бугин, Сасикьа Абу Гӏумарил счетазде Хӏажиевас гӏарац рехиялде», гьебги буго кьучӏго гьечӏеб хабар. Хӏажиевасул букӏинчӏо гьесулгун кинабгӏаги бухьен», — ан.\n2019 соналъул 15 июналда «Черновик» газеталъул редакциялъ лъазабуна, Гӏабдулмумин Хӏажиевасул рахъкквеялъул мурадалда, пикетал тӏоритӏизе ругин. Бакъанида сагӏат щуго тӏубараб мехалда, редакциялъул хӏалтӏухъабазги Гӏабдулмуминил гӏага-божаразги пикетал тӏоритӏана, гьев эркен гьавеян абураб тӏалабги цебелъун. Адвокатазул жамгӏияталъ гьесул ихтиярал цӏунизе тӏадкъан буго щуго адвокатасдаги.\n2019 соналъул 16 июналда радал сагӏат ичӏго тӏубараб заманалда Махӏачхъалаялъул Советский районалъул судалда байбихьана Гӏабдулмумин Хӏажиевасе хӏукму къотӏизе судалъул данделъи (судья Тӏалхӏат Хӏажиев). Гьеб къоялъ прокуратураялъулги цӏех-рехалъулги хӏалтӏухъабаз гьев туснахъ гьавеян тӏалаб гьабулеб букӏана. Адвокатаз судалъухъе кьуна хӏажатал характеристикаби, гьезда гьоркьоб букӏана «Черновикалъул» Хӏажиев нижер бербалагьиялда гъоркь эркенго теян абураб редакциялъул гьариги.\nСудалъул данделъиялдаги Гӏабдулмумин Хӏажиевас абуна кинаб бугониги такъсир жинца гьабичӏин. Гьес бицана, жиндир лъай-хъвай кканила низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз жив кквеялъе гӏиллалъун ккарав чиясулгун – Москваялдаса бизнесмен Кемал Тамбиевасулгун. Тамбиевасул баяназул кьучӏалда ккун вуго Хӏажиев. Тамбиевас Гӏабдулмуминида гьарана тӏасалъугьаян ва абуна, жиндие гӏакъуба кьолеб букӏиналъ, жинца гьереси бицине кканин.\nГьебго къоялъ, судалъул данделъиялда Кемал Тамбиевас лъазабуна, жинца Гӏабдулмумин Хӏажиевасул хӏакъалъулъ гьереси бицун букӏанин абун. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьев тӏамун вуго, «дида лъала пуланав чи, гьесул батизе бегьула «Вконтакте» абураб социалияб гьиналда боевиказе гӏарац бакӏарулеб къокъа – гьеб къокъаялъул администраторлъунги ккола Гӏабдулмумин Хӏажиев» абурал баянал хъварал протоколалда гъоркь гъулбасине. Гӏабдулмумин Хӏажиев ккуна гьел баянал сабаблъун.\nГьеб къоялъ Тӏалхӏат Хӏажиевас хӏукму къотӏичӏо. Гьес, Гӏабдулмуминил хӏакъалъулъ баянал ракӏаризе болжал кьеян гьабураб Хӏажиевасул адвокатазул хитӏабалда рекъон, кӏиго къоялъ нахътӏамуна гьеб иш.\n2019 соналъул 17 июналда «Черновикалъул» редакциялъул хӏалтӏухъабаз РФялъул президент Владимир Путиниде видео-хитӏаб гьабуна. Гьелда бицунеб буго, редакциялъул ракӏчӏолин ишцоясда гӏайиб гьечӏолъиялда ва Гӏабдулмумин Хӏажиевас террористазе гӏарац кьолеб букӏанин абураб хабарги кьучӏ гьечӏеб бугин. Щайгурелъул, Россиялда гьукъараб террористазул «ИГИЛ» абураб къокъаялъ хӏукму гьабун буго гьев чӏвазе. Редакциялъ Путинида гьарулеб буго гьеб иш берзукь кквеян ва гьеб делоялъул халгьабизе Генералияб прокуратураялдаги ФСБялъул централияб аппараталдаги тӏадкъайин. Видео-хитӏаб гьабуна Хӏажиевасул лъималазги.\n2019 соналъул 18 июналда Махӏачхъалаялда, Советский районалъул судалда букӏана иргадулаб данделъи – Гӏабдулмумин Хӏажиевасул рахъалъ кинаб хӏукму гьабилебали абураб суалги цебелъун. Судалъухъе кьуна Россиялъул Журналистазул союзалъги, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъги, мадугьалзабазги кьурал характеристикаби. Гьебго заманалда судалъул минаялда аскӏов вакӏарун вукӏана Гӏабдулмумин Хӏажиевасул рахъкколев кӏинусгониги чиги.\nПрокуратураялъулги цӏех-рехалъулги вакилзабаз судалде хитӏаб гьабуна, судалъул залалдаса журналисталги гӏагарал чагӏиги нахъе ритӏеян абун. Гьезул пикруялда, журналистал гьенир тани, судалъул балъголъи цӏунун бажаруларо ва гӏайиб гӏунтӏизабиялъул рахъалъе гӏумруялъе хӏинкъи букӏине рес буго. Судияс гьезул гьари къабул гьабуна.\nГьенибго Хӏажиевас цоги нухалда такрар гьабуна, кинабгӏаги такъсир гьабиялъе жив мукӏурлъуларин ва цӏех-рехалъ судалъухъе кьурал баяналги кьучӏ гьечӏеллъун рикӏкӏунин абун. Судияв Тӏалхӏат Хӏажиевас къабул гьабуна цӏех-рехалъул гьари ва Гӏабдулмумин Хӏажиев кӏиго моцӏалъ жанив тӏамизе хӏукму гьабуна.\nСудалъул кӏалтӏаго тӏобитӏараб пресс-конференциялда Хӏажиевасул адвокатаз лъазабуна, гьеб хӏукмуялда тӏасан гӏарза хъвазе бугилан. Гьез гӏажаиблъи гьабулеб бугоан, судалде кьурал материалал загӏипал ва жеги баянлъичӏел ругониги, Гӏабдулмумин кӏиго моцӏалъ туснахъ гьавизе кколин абураб судиясул хӏукмуялда.\nМаирбег Агъаев,\n«Черновикалъул»\nбетӏерав редактор"}
{"slug": "4902-zhamagiatal-ul-gaza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4902-zhamagiatal-ul-gaza", "title": "Жамагӏаталъул газа", "date": "2019-06-25 12:47:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тӏуразеги тарал чагӏи рукӏуна хӏакимзаби\nСуалазе жавабал кьезеги масъалаби тӏуразеги\nтарал чагӏи рукӏуна хӏакимзаби\nРеспубликаялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель З. Илясовас, 17 июналда советалъул членал Х. Валиевагун, Т. Рассохинагун, Ф. Карибовгун ва советалъул жавабияв секретарь Ш. Дайитмирзаевгун цадахъ Избербаш шагьаралда гӏадамал тӏаде къабул гьаруна.\nГьеб тадбиралда гӏахьаллъана шагьаралъул бетӏер Мухӏамад Гӏисакъовги администрациялъул жавабиял хӏалтӏухъабиги. Шагьаралда гӏумру гьабулез рорхарал аслиял суалал рукӏана шагьаралъул собраниялъул депутатазул сессия бакӏаризе кӏунгутӏиялда бан жеги шагьаралъул бюджет къабул гьабун гьечӏолъиялда, шагьар лъедалъун хьезабиялда, гӏадамазе рукъзал разе ракьул планал кьунгутӏиялда хурхарал. Хасго разилъи гьечӏолъи загьир гьабуна «Загородный» микрорайоналда гӏумру гьабулез.\nГьелдаго цадахъ гӏарзал рукӏана бесдаллъималазе рукӏине рукъзал кьеялъул рахъалъ ругел гӏунгутӏабазда тӏасанги.\nПалхӏасил, гӏарзалъ рачӏарал гӏадамаз рорхулел ва бакӏалъулал хӏакимзабаз тӏуразе кколел суалал, щибалъе заманги цӏан, гьезда тӏадкъана.\nРеспубликаялъул идарабаздаса къваригӏараб «Загородный» микрорайоналда лъел буругъ бахъизе хӏажатаб 15 млн гъуруш гӏарац кьезе кумек гьабеян советалъул цӏаралдасан республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе кагъат хъвана.\nГьединал дандчӏваял хадурккунги районаздагун шагьаразда тӏоритӏизе ругин бицана З. Илясовас.\nКарият Мухӏамадова"}
{"slug": "4976-bergenl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4976-bergenl-i", "title": "Бергьенлъи", "date": "2019-07-01 10:33:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистанияз чӏел босана\nМенталияб арифметикаялъул чемпионал\n26 июналда «Дагправда» газеталъул редакциялда журналистал дандчӏвана менталияб арифметикаялъул рахъалъ дунялалъул кӏицӏул чемпион, 12 сон барав Мухӏамад Къагьировгун.\n22-23 июналда Турциялъул Анталья шагьаралда тӏобитӏараб менталияб арифметикаялъул рахъалъ тӏолгодунялалъулго олимпиадаялда суперчемпионлъун вахъана Мухӏамад. Гьел къецазда гӏахьаллъана 16 улкаялдаса 600 лъимер. Гъоркьиса декабрь моцӏалда Малайзиялда тӏоритӏарал тӏолгодунялалъулго къецаздаги гьес, 80 батӏияб улкаялдаса 15000 гӏахьалчиясда гьоркьоб, тӏоцебесеб бакӏ ккун букӏана.\nМенталияб арифметика ккола лъималазул гӏакълу ва ракӏалда чӏей куцалеб программа. Ракӏалдаса математикаялъул захӏматал мисалал гьаризе ругьун гьарула менталияб арифметикаялъ.\nМухӏамад менталияб арифметикаялде ругьун гьарулеб хасаб школалде хьвадулев вуго 10 сон баралдаса нахъе. Школалдаги лъикӏал къиматазда цӏалула гьев. Гьитӏинго гьес байбихьана Къуръан цӏализеги. Щивлъун вахъине анищ бугебин цӏехедал, Мухӏамадица бицана улкаялъул президентлъун вахъине бокьун бугин. Гьев аваданав ва цӏодорав васас бицана олимпиадаялде хӏадурлъи гьабураб къагӏидаялъулги ва менталияб арифметика интересаб пиша букӏиналъулги.\nКъагьиров цӏалулев вуго Махӏачхъалаялда бугеб Universal Skills (Юниверсал скилс) абураб хасаб школалда, гьединаб школаги республикаялда чанго буго. Дагъистаналдаса нус-нус лъимал машгъуллъун ругин менталияб арифметикаялдеян бицана гьес.\nРиидалил каникулазул заманалдаги менталияб арифметика рехун тезе ракӏалда гьечӏо Мухӏамадида, ва хӏухьбахъиялдаго цадахъ гьес хӏадурлъи гьабулеб буго июль моцӏалда Камбоджаялда тӏоритӏизесел къецазда гӏахьаллъизе.\nТурциялда тӏобитӏараб чемпионаталда дагъистанияз бихьизабуна нилъ киналго чӏухӏизе бегьулел лъикӏал хӏасилал. Северияб Кавказалдасаго гьениб гӏахьаллъана 50 лъимер, гьезда гьоркьов вукӏана 17 дагъистаниявги.\n«WAMAS-2019» тӏолгодунялалъулго олимпиадаялда Дагъистаналдаса киналниги цӏалдохъабаз бергьенлъаби росана. Мухӏамад Къагьировасего гӏадин, батӏи-батӏиял категориязда суперчемпионазул цӏарал щвана жеги лъабго дагъистаниясе. Щуго цӏалдохъанас тӏоцересел бакӏал ккуна, хутӏарал микьгоязейин абуни кӏиабилел ва лъабабилел бакӏал щвана.\nМенталияб арифметикаялъул къецазда суперчемпионаллъун рахъарал Махӏачхъалаялдаса Мухӏамад Къагьиров, Патӏимат Юсупова, Загьидат Чамсулвараева ва Лаваша районалъул гимназиялъул цӏалдохъан Шугӏайна Мухӏамадова гьоболлъухъ ахӏун рукӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасги.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателас гьезие кьуна Баркалаялъул кагъталги «Айфон» тайпаялъул телефоналги.\nПатӏимат\nСултӏанмухӏамадова"}
{"slug": "4977-rajonazdasa-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4977-rajonazdasa-kharbal", "title": "Районаздаса харбал", "date": "2019-07-01 10:38:51", "categories": ["obshestvo"], "text": "Багьадурзаби\nМуслимица живго бахӏарчилъун рикӏкӏунев гьечӏо\nНилъер жакъасеб гӏумруялдаги руго бахӏарчиял ишалги гьединалго гӏадамалги. Рекӏее кӏудияб асар гьабула лъималаз гьединал ишал гьарунин рагӏидалги. Хадуб кколелъул пикруги гьабичӏого, цогидал хвасар гьарурал лъималаз гьеб жидеда тӏадаб ишлъун рикӏкӏунеб буго.\nГьедин абулеб буго макъалаялда бицен гьабулев вугев гьитӏинав Муслимицаги – гьес жинцаго гьабураб иш тӏадаблъун рикӏкӏунеб буго, ай гьунарлъун рикӏкӏунеб гьечӏо.\nКазбек районалъул Ленинаулалдаса гьудулзаби Гӏумар Шамхалбиев ва Муслим Тӏалхӏатов къаси мехалда мороженое босизе унел рукӏана. Расандулаго, гьел щвана цо кӏкӏалал рагӏалде. 70 метр борхалъи бугеб гьениве вортана Гӏумар. Муслим вихха-хочичӏо. Гьев гьудул хвасар гьавизе хадув кӏанцӏана. Кверги бекана гьесул, цогидал ругъналги лъуна гьесул черхалда.\nМуслимида Гӏумар, гӏакълу-лъаялдасаги ун, лъаралъ лъелъ ватана. Бекараб квералъул кумекалдалъун Муслимица Гӏумар лъарккун гӏебеде вехъерхъана, сухъмахънух батизегӏан. Цӏакъ гӏакъуба бихьана гьесда, гьеб нухдасан шагьранухде гьудул вехъерхъулаго. Гьудулги гьенивго тун, Муслим векерана машина чӏезабизе. Чанго машина ана, гьесухъ гӏинтӏамичӏого. Ахирги гьудулзабазде тӏаде ккана Ленинаул росдал участковый Насим Мухӏамадханов. Гьес кӏиявго гьудул росдал больницаялде рачана. Гьенисанги гьел ритӏана Хасавюрт шагьаралъул больницаялде.\nКӏкалахъги, лъарчӏван гӏебедеги, сухъмахънухдаги ратарал бидул лъалкӏаз бицана лъималазда бихьараб гӏакъуба-къоялъул.\nАмма Муслимица живго бахӏарчилъун рикӏкӏунев гьечӏо.\n— Дица гьабураб гӏадаб иш цогидазги гьабизе букӏана. Дир ботӏролъги рекӏелъги букӏана гӏицӏго цохӏо пикру: гьудул хвасар гьави. Гьедин киназго гьабизе букӏана. Дица гьеб гьунарлъун рикӏкӏунаро, гьеб букӏана дида тӏадаб иш.\nВасазул гӏагарлъиялъ кӏудияб баркала кьолеб буго захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккарал гьезие кумекалъе ватарав Насимие.\nНурият Салатгереева,\nДилым росу"}
{"slug": "4978-tsiiyab-tiekhal-ul-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4978-tsiiyab-tiekhal-ul-khiak-al-ul", "title": "Цӏияб тӏехьалъул хӏакъалъулъ", "date": "2019-07-01 10:41:41", "categories": ["lit"], "text": "Дир меседил кини, чиллайдул гьулак…\nЦӏумазул тарихалъ куцана дир рухӏ…\nДун тӏад кӏибикӏараб меседил кини,\nКерен цӏун буго дир дур берцинлъиялъ.\nЛъимерлъи гьелчараб чиллайдул гьулак,\nЧорхолъ буго жеги дуца лъураб жан.\nЗалму Батирова\nГьале жакъаги бегулеб халкъияй шагӏиралъул иргадулаб тӏохьол иргадулал тӏанчал. Цӏаланагӏан цӏализе рокьулел гьелъул шигӏрабаздаса чӏвалеб буго росдал махӏ — киниги, кечӏги, росуги, мугӏрулги, магӏаруллъиги…\n«Асарал» абураб цӏаралда гъоркь гьанжегӏагар къватӏибе бачӏараб тӏехьалда руго шагӏиралъул цӏиял асаралги, нилъеда церехун рагӏун рукӏаралги, руго поэмабиги. Батӏи-батӏияб тематика. Дие бицен гьабизе бокьун буго росдал пикрабазулъ тӏегьан рачӏарал шагӏиралъул шигӏрабазул.\nРосдал сариназ асир гьаюрай дида цебе бачӏунеб буго хунздерил тӏалъи:\nДир жавгьарул хъала, хъахӏганчӏил росу,\nСсияб тарихалъул къисабазул тӏехь.\nСверухъе дуниял пасалъаниги,\nПасалъизе чӏечӏел чӏухӏарал васал.\nНамус тун, бечелъи черхалъ цӏехечӏел\nЦӏумазул тарихалъ куцана дир рухӏ,\nЦциналъ хӏалуцине хӏухьел гьабуни,\nДозул сабруялъ дун кьурана гӏодой…\nДур мугӏрухъ, дур гӏорахъ, дур кӏкӏалабазухъ\nДанде цӏан месед кье – кьезе гьечӏеб мун\nТӏокӏкӏарал иццазул узданал лъарахъ\nГьекъелареб барти дур тушбабаца…\n(«Дир меседил кини…»)\nГӏагараб росуги, росдал гӏадамалги, гӏадамазул гӏаданлъиги гӏадатлъиги, гӏумру тӏад бижараб магӏарул киниги, кинидахъ ахӏулел хӏасратал кучӏдулги — гьеле шагӏиралъул тӏехьалда дие гӏагараблъун лъугьараб тема. Дица хӏаракат бахъула щивав шагӏирасе гӏагараблъун лъугьараб сипаталде кӏвар кьезе. Масала, церехун цӏаларал Залмул асаразулъ бугеб гӏанса хӏанчӏил сипаталъ асир гьаюн йиикӏана дун. Гьаб нухалдайин абуни, цебесаго унеб гьечӏо гӏагараб тӏалъиялъул сипатги жинда жаниб магӏарул гӏумру гьелчолеб бугеб киниги.\nЦо лахӏзаталъ цебечӏезабе магӏарул сардил хӏикмалъи:\nГогьал чвахелабаз зикруги бачун,\nКьижараб сордогӏан берцинаб жо щиб?\nГьелдасаги берцин бихьула дида:\nЭбелалъ гьуинаб бакъанги бачун,\nКинида кьижараб гьитӏинаб лъимер.\nГьелъул надалдасан карун гирулеб\nЖавгьаргӏан бацӏцӏадаб цо гӏетӏул горо.\n(«Берцинлъи»)\nУнго-унголъунги магӏаруллъиялда гӏумру киниялдасан байбихьулебги батила.\nКиниги, эбелги, лъимерги – нилъер щивасул къисматалъул кунчӏи, гӏажаибаб берцинлъи:\nДуца шигӏру хъвазе поэт тӏамуна,\nДуца гьунаразе васал куцана.\nАзарго берцинаб цӏар дуда буго:\nЭбел!. Чӏужугӏадан! Меседил горо…\nЭбел, Чӏужугӏадан йикӏинчӏейани,\nБерцинлъи хвелаан дуниялалъул.\nБергьенлъи, Эркенлъи, Гӏакъиллъи гӏадал\nРагӏаби ракьалда рижилароан.\nКӏудияб байбихьи берцинлъиялъул,\nРакӏ биунеб рокьи эбеллъиялъул,\nЛъимаде, росасде, дуниялалде\nДуе, Чӏужугӏадан, Аллагьас кьуна.\nЖиб-жиб галиялда меседги бекьун,\nГьеб рокьиялъ дур цӏар цӏунун хутӏана.\nГьеб рокьиялъ течӏо мун дунялалда,\nАллагьасе гуреб, бетӏер къулизе.\n(«Чӏужугӏадан»)\nШагӏиралъ рекӏелъ кӏудияб чӏухӏигун ахӏулеб буго росулъа ясалъул сариназе даимго хилиплъизе гьечӏилан:\nДун йиго инсуца чӏараб гъотӏол яс,\nДов гьечӏонаниги, гьелъий чучулей.\nРакӏ-ракӏалъ гьелъие хъулухъ гьабулей,\nХъачӏаб рохтиялда хурхун къвал балей.\nДун йиго эбелалъ квераз бессараб\nГьанже басралъараб салмагалъул яс,\nДида долъул квераз лъураб накъищалъ\nДолъул пикрабазул канлъи бихьула.\nДун йиго борхатаб кьурулъ бижараб\nКӏудияб гъветӏалъул гьитӏинаб гӏаркьел.\nГьезда рещтӏун хӏанчӏаз ахӏулел кучӏдул\nДарманлъун кьун руго дие гӏумруялъ…\n(«Дун йиго…»)\nЦӏаланагӏан цӏализе рокьулел, гӏумруялъулги гӏаданлъиялъулги аслулъунцин рикӏкӏине бегьулел шагӏиралъул асаразухъ цоги нухалда гӏинтӏамулеб буго. Магӏарул мацӏги, мугӏрул чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанаб цӏарги, гӏумру берцинлъиялъе гвангъараб къисматалъул бакъги, бакъуе гьимарал шагӏиралъул анищалги, анищазда хӏур хъвазе течӏел пикрабазул цӏурмалги, гьезул гьаркьазухъе мугӏрул кьурабазда рокьул дандерижилъун ахӏдолеб намусалъул гьаракьги:\nДун хирияб ракьалда гучаб гъветӏ гӏадин гӏуна,\nМугӏрул гьаваги босун, ракьул нигӏматги бихьун.\nДун бакъуца хинлъана, гьеб хинлъи дие гӏуна\nДун хасало цӏорона, цӏорол гӏанси лъугьинчӏо.\nГӏадатги гӏаданлъиги умумузул цӏунана,\nКкараб тохлъи батани, тӏасалъугьа, гӏадамал.\nДун бертабалъ йохана, магӏирокъой гӏодана,\nДие лъилниги магӏу чияраблъун букӏинчӏо.\nМагӏарулайлъун хвела, хирияб мацӏ нужей тун.\nГьеб кӏочене биччарал дир зонохъе рачӏунге.\nУмумузул нух цӏунун, магӏарулайлъун юкъе,\nМагӏарул ганчӏил зани васаз къаданибги чӏван…\n(«Дун хведал»)\nЗалму Батировалъул асаразулъ хасаб бакӏ ккола гьимиялъги рокьиялъги. Гьез чӏаго гьарула гӏадамазул чӏунтарал ракӏалги, речӏарал пикрабиги, хьулазул хьухьаз хьухьазабураб гӏумруги. Рокьуе къуличӏеб къисматги цониги батиларо ракьалда:\nГьимиялъул берцинлъи рагӏабаз кин бицинеб?\nГьеб кунчӏулеб лахӏзаталъ рухӏалъе щолеб лазат!\nГьитӏинабгин кӏудияб кӏиго рохел жубала,\nКӏудияб талихӏалъул борхалъуде рахуна.\nГьиме, бищун захӏматаб хӏал рекӏелъ бугеб мехалъ,\nДжоконда кинигин каранда магӏнаги лъун.\nРелъе, ракӏ-ракӏалъ релъе,\nбилъе цӏам цӏорораб лъелъ,\nБиччай чурун чороклъи чвахиялъ хъамун ине…\n(«Гьими»)\nГӏемер хъвана Залмуца чӏужугӏадан кӏодо гьаюрал кучӏдул. Гьелъ бетӏер къулана къварилъиялда къуркьизаризе кӏвечӏел гьезие. Гьезул захӏмалъабазда цее накалдаги чӏана гьей. Шагӏиралъ, ахӏун биччан гьаракьгун, дунялалъего бицана Шамилил Шугӏайнатилги, Ахӏулгохӏалъул бахӏарчиял руччабазулги, талихӏаб гӏумруялде данде гьелчолел къисматазул гӏадатиял магӏарул руччабазул хӏакъалъулъги. Гьелъул шигӏрабазул улкаялда гвангъана Дагъистаналъул руччабазул батӏи-батӏиял сипатал:\nКигӏан захӏматаб къо тӏаде кканиги,\nГьез хӏухьел угьичӏо, хӏал лъалеб куцалъ.\nБаччизе гӏумрудул бакӏлъи кканиги,\nАллагьасул хъваян гьабуна сабру.\nГьикъе гьезул гӏумру гьадал мугӏрузда,\nУнкъабго къедалда гьезул рукъалъул.\nГьезул гъасда бакун бугеб цӏаялда,\nЦӏадуде тӏинкӏулел магӏил гаразда.\nГьезул сабруялъе, гьезул яхӏалъе\nБан гьечӏо лъицаго жеги памятник.\nГьезул бажариги, гьезул намусги\nБихьичӏеб ххвел гьабун, тоге, бихьинал!\n(«Дагъистаналъул руччаби»)\nБихьулеб буго шагӏиралъул рахӏатхвейги. Гьелъ гьикъулеб буго нилъедаги ва цадахъго жиндагоги. Даим жаваб гьечӏеб даимаб суал:\nЩай намусгьечӏолъи тӏегьалеб бугеб\nТӏегьдаса буссунги, пихъ балеб бугеб?\nРухӏалдаса буго горде бахъулеб,\nЯхӏалдаса буго тӏажу бахъулеб.\nНамус хӏатӏикь буго, яхӏ къотӏноб буго.\nКъиралзаби гӏадин хьвадулел руго.\nМунагьазул гьирал гьодидаги тун,\nРацӏцӏадаллъун хӏазе хӏадурун руго…\n(«Неча»)\nНилъер щивасул гӏумруялъул рукӏуна хаселги, ихги, рииги, хаслихълъиги. Хасалил гӏазу-цӏералъги цӏорозаричӏо шагӏиралъул шигӏрабазул гьаракь, ихдал тӏегь балелъул, къиматалъеги гьимана гьел, роол бухӏигун цӏалдолезул ракӏазулъеги лъугьана гьел. Жакъа шагӏиралъул цо-цо шигӏрабазда чӏвалеб буго хасалихълъиялъул махӏги:\nЦебе-цебе гӏумру, хаду-хадуй дун,\nНиж къисматалдаса руго тӏурулел.\nГьаб тӏабигӏаталъул гьурмада цебе\nЦо талихӏаб шагьра буго цӏехолеб.\nКьо гьечӏел гӏоралги керчал рохьалги.\nБихьуда-тӏерхьуда бугебщинаб жо.\nЗазил сухъмахъалги, хъирул къаналги,\nКъоял рахъанагӏан руго гӏемерлъун…\n(«Гьари»)\nПашманал пикрабаз кодой йосарай шагӏиралъ баччун бугеб ургъалабазул цӏураб таргьа гьурщулеб буго цӏалдолезе. Цадахъго гьелги тӏамулел руго ургъизе:\nАнагури, гьудул, цогиги рии.\nБачӏараб лъалалде гьалъул гӏедегӏи.\nНилъ кир унел ругел гьадин гӏедегӏун,\nЛъугӏулареб хелдей гьал хиялазул.\nУргъелазул гьобо хенолеб буго,\nХиялазул гьирал понцӏолел руго,\nДоб гьабизе бугин, гьаб бокьун бугин,\nХӏалхьи лъалареб ракӏ хелделеб буго.\nРачӏа, гӏодорги чӏун, каранде къазе\nБожилъидал цӏурал арал лахӏзатал.\nЛъугӏи гьечӏеб хӏалтӏуй мутӏигӏлъичӏого,\nРухӏияб рокъойги къиризе нуцӏа…\n(«Ана гури…»)\nВа макъалаялъул ахиралдаги шагӏиралъул цӏаралдасан бицине бокьун буго, хӏурматиял цӏалдолел, нужее магӏаруллъиялъул берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Гӏенекке цо лахӏзаталъ. Рагӏулеб гьечӏищ гьелъул лъарал-гӏоразул нилъехъ гӏашикълъараб хъуди:\nЗобал хъвалхьун хьвадулел хьухьазул читӏир гьечӏо,\nЧӏалгӏун гӏинда далараб шагьаралъул хъуй гьечӏо.\nБацӏцӏадаб, роцӏараб зоб, зодихъ кенчӏолел цӏваби,\nЦӏалеб хӏухьлал бацӏцӏалъи —\nцо магӏарухъ бугеб лъикӏ.\nЛугбал чӏурканал ясал, чӏван ругел гормендаби,\nДанде ккарав чиясе батулеб бугеб салам.\nРокьи берцинаб буго, намусалъулъ жемараб,\nМакьу гьуинаб буго, сихӏкъотӏиялъ квал бараб.\nКъаси букӏа, къад букӏа – цо магӏарухъ бугеб лъикӏ.\nРагьда ахӏулеб какил камилаб бакъан рокъоб,\nВагӏзаялъул гӏакъиллъи, лъикӏалде чи вачунеб.\nГӏаданлъиялъул дару, унти хехго сахлъулеб,\nСабаб гьудуллъиялъул, ургъел хехго бигьунеб.\nКинаса бицаниги – цо магӏарухъ бугеб лъикӏ!\n(«Цо магӏарухъ бугеб лъикӏ»)\nХӏурматиял магӏарулал! Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъул цӏияб тӏехьалда нужеда ратила нужер ракӏазе жеги чанго батӏияб асар гьабулел асарал. Гьенир руго ункъо поэмаги, къокъал кучӏдулги, сонетал-балладабиги, магӏарул мацӏалде шагӏиралъ руссинарурал М. Лермонтовасул, Н. Некрасовасул ва Г. Гейнил кучӏдулги. Тӏехьалъе цеберагӏи хъван буго профессор М. И. Мухӏамадовас.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "4979-gialimchiyasul-khiurmatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4979-gialimchiyasul-khiurmatalda", "title": "Гӏалимчиясул хӏурматалда", "date": "2019-07-01 10:43:04", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏумрудул борхатаб си\nХашаев Хӏажимурад гьавуралдаса 110 сон тӏубай кӏодо гьабуна\nШамил райадминистрациялда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана районалъул нухмалъулелги, росабазул бегавулзабиги, школазул директорзабиги, Хӏажимурдил ракьцоялги. Тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор, юстициялъул генерал Хашаевасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ гьадин бицана райадминистрациялъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Махӏач Махӏачевас: «10 сон бан букӏана Хӏажимурадица, Чачаналде хӏалтӏизе араб мехалда. Гьенив вукӏаго гьалмагъас, лъачӏого таманчаги речӏчӏун, лъукъула Хӏажимурад. Къотӏизе ккола бох. Гьениб щвана гьесие «хаш», ай чачан мацӏалда гьобол абураб цӏаралъул магӏна бугеб фамилияги. Гьенив лъугьуна Хӏажимурад ВКП(б)ялъул кьеразулъе. Ликбезалъул курсалги лъугӏизарун, цӏализе лъугьуна педтехникумалде. 20 сон барав чи тӏамуна Къахӏиб районалъул халкъияв судиявлъун. 1932 соналда Москваялда юридикиял курсал лъугӏизарурав гьев хӏалтӏана Дагъистаналъул Верховный судалъул членлъун, Къахӏиб райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун, Дагъистаналъул ЦИКалъул жавабияв секретарьлъун. Цинги Хӏажимурадица лъугӏизабуна Москваялъул багӏараб профессураялъул институт. 28 сонил ригьалда лъугӏизабуна институт ва хӏалтӏана ДАССРалъул прокурорасул ишал тӏуралев чилъун, Дагъистаналъул юстициялъул наркомлъун, Дагъистаналъул прокурорлъун, РСФСРалъул прокуратураялъул уголовнияб отделалъул прокурорлъун, РСФСРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб ДАССРалъул Министрзабазул советалъул кидагосев вакиллъун. Зулмаби гӏемераб 1937-абилеб ва хадуселги соназ захӏматаб асар гьабуна Хашаевасе. НКВДялъул хӏалтӏухъан Тучиница республикаялъул церетӏурал хӏалтӏухъабазде гӏунтӏизарулел рукӏана мекъал гӏайибал. Гьеб рекӏее гӏечӏев Хӏажимурадица хитӏаб гьабуна партиялъул обкомалде, амма гьениб гьесул рахъкквечӏо. Хӏажимурадил дагӏба ккана Ломоносовасулгун ва Гӏабдурахӏман Данияловасда гьес абуна гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвазе «тройкаялъ» къотӏулел хӏукмабазда гъоркь гъолбасине жинда кӏоларин. Хӏакъикъаталдаги гьев хӏалтӏудаса нахъе ана ва Москваялде цӏализе лъугьана.\n1950 соналдаса нахъе Хашаевас жиндирго гӏумру бухьинабуна гӏелмуялда. Гӏемерал соназ бетӏерлъи гьабуна Дагъистаналъул «Знание» обществоялъул отделениялъе. Чанцӏулго вищана Дагъистаналъул ЦИКалъул президиумалъул членлъун, РСФСРалъул ВЦИКалъул членлъун, ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. Хӏажимурад мустахӏикълъана Октябралъул революциялъул, Захӏматалъул Багӏараб байрахъалъул, «Хӏурматалъул гӏаламат» орденазе ва гӏемерал медалазе.\nШамил районалъул Ветераназул советалъул председатель Мухӏамадрасул Асхӏабовас абуна жинца Хӏажимурадил хӏакъалъулъ тӏехь хъвалеб бугин ва чанго мисал рехсана Хашаев кинав чи вукӏаравали цебечӏезабулеб. «Гьев вукӏана унго-унгояв маслихӏатчи. Рекъел гьабизе хьвадулаан республика бахун къватӏивецин. Кигӏан кӏудияб къварилъи тӏаде бачӏаразги абулаан Хӏажимурадихъе инарищин. Гьедин рачӏараз цӏун букӏунаан гьесул кабинетги. Гьезул къваригӏелал тӏуралев, гӏунтӏун гӏансагун батӏи-батӏиял идарабазде хьвадулев, телефоналъ ахӏдолев вукӏунаан гьевги. Хӏажимурадил бухьен букӏана Лъахъа Хӏамзат-апандиясулгунги Къахӏиса Мухӏамадгӏарип-апандиясулгунги. Районалде Хӏажимурад вачӏун вугин рагӏидал, гьесда дандчӏвазе вачӏунаан Хӏамзат-апанди. Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун вугев Къахӏиса Мухӏамадгӏарип-апандиги вачун Талгиялде, щибаб рузманкъоялъ, машина кьолаан Хӏажимурадица рузман базе ине.\nРагъул соназ Болъихъ районалъул цо росдал колхозалъул председателас цӏакъго ресукъазе цӏоросаролъ бикьун буго. Мацӏихъабаз мацӏги гьабун председатель жанив тӏамизе вачун ун вуго. Гьесул гьитӏинав вацасда рагӏун буго Хашаевасул хӏакъалъулъ бицунеб. Ун вуго гьесухъе. Мурад бициндал, Хӏажимурадица гьесда абула мун эхеде айин, вац дудаса цеве лъове щун ватизе вугилан. Гьедин ватунги вуго», — ян бицана М.-Р. Асхӏабовас.\nТарихиял гӏелмабазул доктор Давудов Гӏумарица бицана: «Дица Хӏажимурадил хӏакъалъулъ хъвана щугониги очерк. Гьелъулъ гуро иш бугеб. Дица гӏажаиблъи гьабула къокъаб заманалда жаниб гӏелму-лъайго гьечӏев вехьасул машгьурав гӏалимчи вахъиналда. Гьев вукӏана Аллагьасго кьураб къанагӏатаб лъаялъулги бажариялъулги инсан. 1969 соналда захӏматго унтарав гьев уна Типлисалде, докторасулаб диссертация цӏунизе. Гьенибги бихьулеб буго жиндирго сахлъиялдаса къиматаб букӏин гьесие гӏелму. Хӏажимурадил цӏар кьун буго росдал школалъе, шагьаралъул цо къватӏалъе, гьес гӏумру гьабулеб букӏараб минаялъул ва хӏалтӏулев вукӏараб ДНЦялъул къадазда чӏван руго ракӏалдещвеялъул хъарщал».\nРугъелда росдал школалъул директор Мухӏамад Тӏайгибовас бицана, гьесул гӏумруялъулги хӏаракатчилъиялъулги цӏех-рех гьабулаго, кӏудияб асар гьабунин лъабго жоялъ: тӏоцебесеб, Гӏабдурахӏман Данияловасул ракӏалдещвеяз. Гьес хъван буго Хӏажимурад жиндие вукӏанин гӏамал-хасияталъулги хьвада-чӏвадиялъулги рахъалъ мисаллъун. Кӏиабилеб, рекӏее кутакаб асар гьабуна гьес васасухъе хъварал кагътаз: «Гӏолиллъиялдаса пайда босизе ккола гӏелмуялъулъ лъадарун, гӏадамазе пайдаял рукӏинелъун, гӏун рачӏунел гӏелазе лъикӏаб тарбия кьезелъун. Улкаялъул культурияб даражаялъул тӏогьире рахине хӏаракат бахъинчӏони, лъиего хӏажат гьечӏеллъун хутӏизеги бегьула. Лъие пайдаявлъунха вукӏинев гӏумруялдаса нахъе хутӏарав, лъавукъав ва жиндирго хасаб махщел гьечӏев чи. Гьединлъидал чара гьечӏого цӏализе ва улкаялъул гуребги, тӏолго дунялалъулго культурияб цебетӏеялда хадур гӏунтӏун рукӏине ккола…». Лъабабилеб, гьесул щулияб бухьен букӏана къелдерилгун», — ан.\nКӏудияб рохелгун вачӏана дун гьаб данделъиялдейилан абуна гӏемерал соназ районалъе нухмалъи гьабурав Мухӏамад Мухӏамадзагьидовас ва рехсана Хашаевасул гӏумруялдаса цо лъугьа-бахъин: «Гӏелмабазул академиялда хӏалтӏулаго, гьев щун вуго Гӏураде. Гьениб хӏакимзабазул дагӏба ккун буго гьев жидехъего вачине бокьун. Амма Хашаев ун вуго жидерго умумузул гьоболасухъе, гьесухъа изнуги гьарун гурони ун гьечӏо дол хӏакимзабазухъеги».\nДанделъиялда кӏалъана техникияб университеталъул проректор Хӏажи Азаев, районалъул прокурорасул заместитель Хӏусен Гӏонжолов, юбилярасде гьарурал жидерго кучӏдул цӏалана С. Гьитӏинамухӏамадовас, М. Зиявудиновас, Ш. Маламухӏамадовас.\nАхиралда данделъаразе ва тадбир гӏуцӏаразе баркала кьун кӏалъана Хӏажимурадил вас Руслан Хашаев, ясалъул вас, профессор Наби Гӏумаров, Москваялда гӏумру гьабулев васасул вас Хӏажимурад Хашаев.\nДагъистаналъул тарих, Дагъистаналъул талихӏ,\nХабалъе бетӏер щвечӏев Хунзахъа Хӏажимурад.\nДагъистаналъул талихӏ, Дагъистаналъул тарих,\nГӏелмудул борхатаб си — Могьохъа Хӏажимурад.\nНуж кӏиябго канаб цӏва, камилаб дир халкъалъул,\nЦояв Шамилил наиб, цояв гӏелмудул наиб.\nГӏумру, гӏасру батӏиял, амма ритӏухълъи тӏокӏал,\nГӏаданлъиги чилъиги чорхолъ рухӏлъун бессарал.\nСайпула Гьитӏинамухӏамадов"}
{"slug": "4983-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4983-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2019-07-01 10:51:17", "categories": ["obshestvo"], "text": "Лъалищ дуда рахьдал мацӏ?\nГӏалимзабазул цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго магӏарул мацӏ лъугӏулеб букӏин\nКавказалъул халкъазул къадар гӏодобе кколеб гьечӏо, амма рахьдал мацӏал лъалезул къадар къо бахъанагӏан цӏакъго дагьлъулеб буго. Переписалъ кьураб хӏисаб – гьеб буго тӏаса-масаго гьабураб цӏех-рех. Мацӏалъул ва гьеб мацӏалда кӏалъалезул мухӏканаб хӏакъикъат лъазе ккани, гьабизе ккола гӏатӏидаб цӏех-рех. Хӏакъикъаталдайин абуни рахьдал мацӏалда эркенго кӏалъазе лъаларев, амма нусгоялдаса цӏикӏкӏун рагӏи лъалев чиясги рикӏкӏунеб буго жинда мацӏ лъалин. Цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго унго-унголъун рахьдал мацӏ лъалел кавказалъулал дагьлъулел рукӏин. Дагъистаналъул бицани, республикаялъул чӏахӏияллъун рикӏкӏине бегьулел халкъазул, лезгиязул хутӏизегӏан, рахьдал мацӏ лъалезул къадар дагьлъулеб букӏин. Лезгиязул мацӏ мухӏканго лъалезул къадар цӏикӏкӏун буго 1,22 проценталъ. Цогидал халкъазул бицани, гьезул мацӏал лъаялъул иш гьедигӏан квеш гьечӏин абизе бегьила: табасараназул (-1,76), нугъаязул (-3,22) ва даргиязул (-3,54). Квеш буго — тумазул (-4,88) ва лъарагӏазул (-6,77).\nДагъистаналда мацӏал лъаялъул рахъалъ бищун нахъа буго магӏарул мацӏ — микьго соналда жаниб мацӏ лъалезул къадар дагьлъун буго 8,86 проценталъ.\nМацӏ халкъалъул ракӏ кколелъул, гьелда бараб буго нилъер рухӏияб цебетӏей. Рахьдал мацӏалъул кумекалдалъун щулияб кьучӏ лъола лъимерлъиялдаса халкъалъул мустахӏикъаб вакиллъиялде вахинегӏан нахъа толеб хӏаракатчилъиялъеги. Гьелъ цолъизарула гӏадамазул ракӏал, гӏелазул кьерал, кьо лъола араб гӏумруялдаса гьанжеселде ва букӏинеселде, борхизабула нилъер культурияб даража. Гьединлъидалин жакъа къоялда жаниб цӏакъго хӏажат бугеб рахьдал мацӏ лъазабиялде пикру буссинабизе.\nБитӏараб буго, школалда мацӏ лъазаби буго цӏакъ кӏвар бугеб хӏужа. Амма гьеб мухӏканаб букӏуна хъизамалда жаниб эбел-инсуца рахьдал мацӏ бокьиялъул унго-унгояб тарбия кьолеб бугони."}
{"slug": "4984-giolilazul-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=4984-giolilazul-k-o", "title": "Гӏолилазул къо", "date": "2019-07-01 10:53:54", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жеги малърал къвакӏичӏел ватӏаналъул хӏанчӏи\nСанайил 27 июналда Россиялда кӏодо гьабула Гӏолилазул къо\nГьале жакъаги гьимулеб буго нужее ватӏаналъул бакъ. Рагӏулищ гьелъул рекӏел кӏутӏи?! Гьеб хӏалуцун буго, нужер ургъелал гьарун. Жакъа гьелъул бидури-хьалъанцин тӏинкӏулеб буго магӏу.\nВатӏаналъул магӏуги, рохелги, гьимиги, релъиги – гьеб киналъулго хважаинзаби руго нуж.\nЖакъасел гӏолилал, Дагъистаналъул талихӏалъул куркьбаллъун ругел нужехъ буго гьелъул метерисеб, хадусеб…\nНуж батӏи-батӏиял ва гьелдаго цадахъ цоцазда релълъаралги. Нуж кьер-кьералги, цохӏо кьералъулги.\nВатӏаналъ жиндирго пикрабиги, анищалги, квацӏи-квацӏи гьабун, кьолел руго нужехъе. Тӏирщизаре гьел нужерго пайдаял ва лъикӏал ишазул кумекалдалъун.\nНужер цолъиялъги, рокьиялъги, бажариялъги хвасар гьабизе буго Дагъистан гьелъул букӏинеселъул ургъел гьечӏезул «цӏобалдаса».\nНуж релълъуна ватӏаналъул гӏидраялда рижарал кьер-кьерал тӏугьдузда. Нужедаса буго ватӏаналъул хӏикматаб, талихӏалъул цӏураб махӏ. Нужеда кодоб буго гьелъул къисматалъул кӏул. Нуж – гьелъул рекӏел кьаби-бидурихьал, бидурихьазулъан гьелчолеб, беролеб би.\nНужер рекӏел кӏутӏи цолъизе ккола ватӏаналъул рекӏел кӏутӏигун. Гьениб гьалдолеб рохелги букӏине ккола нужер гӏахьалаблъун.\nРоржа нужерго анищазде данде, ватӏаналъул къисматалъул хъаравулзаби.\nЖакъа школа лъугӏаралги, жакъа диплом щваралги, жакъа батӏи-батӏиял ишазда ругелги гӏолилал! Биччанте нужер гӏумруялъул даимаб ахӏилъун букӏине: «Къеркьезе, балагьизе, батизе, къуркьунгутӏизе», — ян абурал рагӏаби.\nИсанасеб нужер байрам цолъулеб буго Дагъистаналда рагъулал тунка-гӏусиял ккаралдаса къого сон тӏубаялде данде. Дагъистаналъе захӏматал дол къояз «нилъеразулго» кумекалдалъун тушманас гьелъул ракь мерхьунеб мехалда, гӏолилаз къабул гьабуна ватӏаналъул ахӏи. Халкъалъ цоги нухалда ракӏалдещвезабуна цолъиялъул, гьудуллъиялъул къуватги, къиматги, къадарги.\nДагъистаналъул каранда кенчӏолел багьа тӏадегӏанаб маржаналлъун руго жакъа нуж. Маржаназда бугеб щибаб жавгьар – гьеле нужги нужер къисматги. Нухал ритӏаги нужее, Ватӏаналъул бакъуде данде.\n***\nГӏолилазул хӏакъалъулъ цо-цо баянал:\n• 1921 соналъул 1 маялда Темир-Хан-Шураб рагьана Дагъистаналъул комсомолалъул 1 съезд.\n• Дагъистаналда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул 30% ккола гӏолилал. Гьединаб ахӏвал-хӏал Россиялъул ки-налго субъектазда гуро бугеб.\n• Ахирал соназда Россиялда 14-ялдаса 30 соналде щвезегӏан гӏумруялда ругел гӏолилазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб ккола 21,5 процент. Гьезда гьоркьорги васазул къадар цӏикӏкӏараб буго – 50,8 процент.\n• Нилъер улкаялдаги бакътӏерхьул пачалихъаздаги гӏолилазул лъаялъул рахъ босани, буго гьадинаб хӏал:\nБугеб лъай Россиялда Бакътӏерхьул\nпачалихъазда\nБайбихьул 5% 15%\nГӏаммаб гьоркьохъеб 17% 24%\nПрофессионалияб\nгьоркьохъеб 19% 6%\nТӏадегӏанаб 18% 20%\n• Лъаялъул даража гӏолилал васазулалдаса ясазул цӏикӏкӏараб буго.\n• Дагъистаналда гӏумру гьабулеб буго Россиялда бищунго гӏолохъанав гӏалимчи, физикаялъулгун математикаялъул гӏелмабазул доктор Гӏалисултанов Завурица. Гьеб гӏелмияб даражаялде Завур вахана 27 соналъул ригьалда.\n• 2013 соналъул ноябралда Дагъистаналда тӏобитӏана гӏолилазул тӏоцебесеб съезд.\n• «Россиялъул Бахӏарчи» абураб тӏадегӏанаб цӏар щварал дагъистаниязда гьоркьор 17-яв вуго 35 сониде вахинчӏев."}
{"slug": "5228-teatral-ul-vatianalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5228-teatral-ul-vatianalda", "title": "Театралъул ватӏаналда", "date": "2019-07-25 10:02:04", "categories": ["lit"], "text": "Хунзахъ районалда бихьизабуна «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектакль\nРФялъул президентас 2019 сон лъазабуна Театралъул лъагӏеллъун. Гьелда бан гьарулел тадбиразул цояблъун лъугьана Магӏарул театралъул актеразул къокъаялъ Хунзахъ районалде гьабураб сапарги.\nАртистал Хунзахъе иналъул букӏана цогидаб мурадги – исана 110 сон тӏубалаан Магӏарул театралъе кьучӏ лъурав гьелъул тӏоцевесев директорлъунги вукӏарав Гӏабдурахӏман Магаевас. Байрамалъул лъагӏеллъун ккола гьеб Басир Инусиловасулги – Тӏануси росулъ гьавурав театралъул меседил фондалда цӏар рехсарав актерасулги. Гьел хӏужабазул хӏурматалда театралъул администрациялъ хундерил росабалъ бихьизабуна фотовыставка. Гьенир церелъун рукӏана ДАССРалъул халкъияв артист Гӏабдурахӏман Магаевасулги РСФСРалъул мустахӏикъав артист Басир Инусиловасулги театралияб гӏумруялъул хӏакъикъат рагьулел суратал.\n«Магӏарул театралъул къоял кӏодо гьариялъе байбихьи лъуна Хунзахъ районалда. Гьелъие гӏилла ккола театр тӏоцебе Хунзахъ гӏуцӏиги, гьелъул сценаялда тӏоцере лъурал спектаклязе кьочӏое росарал пьесабазул автор Цӏадаса Хӏамзат вукӏинги. Живго шагӏирасги кумек гьабуна театралъул тӏоцересел галаби битӏараб нухдасан тӏоритӏиялъе. Театралъул тӏоцевесев нухмалъулев Гӏабдурахӏман Магаевасги хӏаракат гьабуна маданияталъул гъанситохъ бакулеб цӏа гваргъун рекӏиналъе. Гьесул хӏаракаталдалъун театралда хӏалтӏизе рачӏана пагьмуял гӏолилал», — ан бицана театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас.\n«Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектакль лъугьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъде арал ва даим кьалул авлахъалда хутӏарал магӏарул актеразул къокъаб, амма бахӏарчияб гӏумруялъул игӏланлъун. 31 актер – театралда дол соназда хӏалтӏулел рукӏарал бихьинал актеразул цӏикӏкӏарасеб бутӏа – ана ватӏан цӏунизе. Гьениса тӏадвуссинчӏо 21 актер. Цоял актеразул гӏагарлъиялъухъеги театралдеги рачӏана «рагъда бахӏарчиго хванилан» абун бицарал кагътал, цогидал «араб бакӏ лъачӏого, тӏагӏана». Амма гьел кидаго чӏаго руго театралъул хӏалтӏухъабазулги, гьез хӏарал ролаз асир гьарурал магӏарулазулги, гьезул гӏагарлъиялъулги ракӏазулъ. Гьедин бицана театралъухъ гьоболъухъе рачӏарал актерал-юбиляразул наслабазги, Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевасги. Районалъул нухмалъулес театралъул къокъаялъе кьуна Баркалаялъул кагъатги.\nБайрамалъулаб данделъиялдаса хадуб бихьизабуна «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектакль.\nХадижат Шапиева"}
{"slug": "5229-milliongi-kela-rachia-khialtiize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5229-milliongi-kela-rachia-khialtiize", "title": "Миллионги кьела, рачӏа хӏалтӏизе", "date": "2019-07-25 10:07:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏалтӏизе байбихьана «Росдал (земский) учитель» абураб проект\nДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда къабул гьарулел руго проекталда гӏахьаллъизе гъирабарал учительзабазул хитӏабал. Проекталъул аслияб мурад буго гӏолохъанал учительзабазулъ гъирабазаби росабазул школазде хӏалтӏизе ине. Рехсараб проект гӏумруялде бахъинабиялъул рахъалъ Дагъистан буго церехъабазул кьерда. Гьабсагӏаталда республикаялъул росабазул школазе камун вуго 249 учитель.\nПроекталда рекъон, росдал школалда хӏалтӏизе унев гӏолохъанав учителасе кьезе буго цо миллион гъуруш. Гьеб гӏарцухъ босизе (яги базе), яги къачӏазе, ялъуни бегьула хӏалтӏизе тӏасабищараб росулъ мина.\nИсана 50 чиясул рес буго проекталда гӏахьаллъизе. Росулъ хӏалтӏизе ине бегьула 50сонил ригьалде рахинчӏел учительзаби. Гьел хӏалтӏизеги ккола тӏасабищараб школалда щуго лъагӏелалъ.\nГьабсагӏаталда министерствоялъ хӏадурулеб буго учительзаби хӏажат ругел школазул сияхӏ. Росдал школалда хӏалтӏизе ине, ай проекталда гӏахьаллъизе бокьарав учителас хитӏаб гьабизе ккола министерствоялъул электронияб адресалде: uoo@dagminobr.ru. Кагътида бихьизабизе ккола фамилия, цӏар ва инсул цӏар, хӏалтӏулеб бакӏ, лъайкьей ва гӏумру гьабулеб бакӏ. Суалалгун кӏалъазе бегьула гьаб телефоналде: 8 (8722) 67-84-71.\nХадижат Шапиева"}
{"slug": "5230-giolilal-khiadur-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5230-giolilal-khiadur-rugo", "title": "Гӏолилал хӏадур руго", "date": "2019-07-25 10:12:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "24 июлалда Дагъистаналъул вузазул выпускникалгун дандчӏвана ДРялъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумарова.\nГьенире ахӏун рукӏана учительзаби камун ругел школазул директоралги. Гӏолилазе бицана «Земский учитель» абураб проекталъул хӏакъалъулъ.\nУммупазил Гӏумаровалъ бицана, 2020 соналдаса нахъе 200-ялдаса цӏикӏкӏун чиясе рес щвезе бугин проекталда гӏахьаллъизе. Исана гьединаб рес кьолеб буго 50 учителасеянги тӏаде жубана министралъ.\nДГУялъулги ДГПУялъулги 12 выпускникас загьир гьабуна росдал школалда хӏалтӏизе ине гъира. Масала, ДГУялъул къватӏисел улкабазул мацӏазул факультет лъугӏарай, Махӏачхъалаялда гьаюрай ва гӏурай Фатима Султановалъ абуна, жий ине йигин Хъумторхъала районалъул школалда хӏалтӏизе. ДГУялъул математикаялъул факультеталъул выпускник, Гумбет районалдаса Мухӏамад Хӏажимурадов ине вуго Дербент районалъул школалде – математикаялъулги информатикаялъулги дарсал кьезе. «Дир гьеб хӏукмуяялда рази руго эбел-эменги», — ян абуна гьес.\nТабасаран районалъул бетӏер Мухӏамад Къурбановас абуна, жидер районалдаги цӏакъ хӏажат ругин учительзаби ва живги хӏадур вугин гьенире хӏалтӏизе рачӏунезе бажарараб кумек-квербакъи гьабизеян абун.\nХадижат Шапиева"}
{"slug": "5300-k-urban-k-oyalde-khiadurl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5300-k-urban-k-oyalde-khiadurl-i", "title": "Къурбан-къоялде хӏадурлъи", "date": "2019-08-01 12:40:13", "categories": ["history"], "text": "Ветеринарияб справка гьечӏого байрамалде бичизе боцӏи биччаларо\nТӏоцебесеб августалда, «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместитель Мухӏамад Шапиевас ва ДРялъул муфтияталъул вакил, Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталъул имамазул заместитель Мухӏамад Къурбандибировас бицана кватӏичӏого тӏаде щолеб Къурбан-къо байрамалде хӏадурлъи гьабиялъул хӏакъалъулъ.\nДанделъи байбихьулаго Энрик Муслимовас баркана тӏаде щолеб бугеб Къурбан-байрам, ва бицана республикаялда гьеб тӏобитӏиялъе план гӏуцӏун бугин.\n«Махӏачхъалаялда байрам тӏобитӏиялъе хӏадур гьабун буго кӏиго бакӏ: Ипподромалъул ва Киргуялъул районазда. Гьенир гӏахьаллъулел киналниги ведомствабазда лъала байрам тӏобитӏиялъул план. Къурбан хъвеялъе хӏадур гьарурал бакӏазда букӏине буго хехаб кумекалъул хъулухъги, МЧСалъул хъулухъги, как базе бакӏ. Тахшагьаралъул администрациялъги гьенибе лъим бачиялъул ва гӏадамазе гьекъолеб лъедалъун хьезариялъул хӏалтӏаби гьарулел руго. Цересел соназда гӏадамазе хӏажалъараб боцӏул къадаралъул хӏисабги гьабун, кидаго гӏадин 15000-ялдаса цӏикӏкӏун хӏайван букӏине буго бичулеб. Ветеринарияб хъулухъалъулаз хал гьабизе буго бичулеб боцӏи унтичӏеб, сахаб, лъикӏаб даражаялъул бугищали. Исламалда рекъон, хъвезе дандекколеб бугищали киналъулго хал гьабизе буго», — ян лъазабуна Энрик Муслимовас.\nИсана Къурбан-къо 12 августалде кколеб бугин, амма Сагӏудиязул гӏарабиялда щиб къоялда тӏобитӏаниги гьезда дандеккезабизе кколин бицана муфтияталъул вакилас. Гьединлъидал, 12 август итни къо – гӏодобкъолъун лъазабизеги бегьулин тӏаде жубана ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министерствоялъул вакилас.\n«Нижеца кидаго гӏадин гӏуцӏун буго, ресукъал хъизамазе, мутагӏилзабазе бикьизе гьан къабул гьабулеб бакӏги. Гьелъие гӏоло нижеца ижараялъе росула холодильникалги. Нижеца цебеккунго боцӏул бетӏергьабазулгун гара-чӏвари гьабула багьаби рахизаругеян гьарун. Къурбан хъолел бакӏазда къасимехалъ канлъи чӏезабула, гьениб кумек гьабулел волонтеразе ва гьалбадерие квенги чӏезабула», — ян бицана Мухӏамад Къурбандибировас.\nДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместителас лъазабуна, ветеринарияб справка гьечӏого Къурбан хъвезе рихьизарурал бакӏазде боцӏи биччазе гьечӏин, гьенире рачӏунезул хал гьабизе хасаб ветеринарияб хъулухъалъул хӏалтӏухъабиги рукӏине ругин. Къурбан къо тӏаде бачӏиналде жидерго бичизе бугеб боцӏул хал гьабизе бакӏалъулал ветеринаразухъе ине кколин боцӏи бичулелин абуна гьес.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "5325-teatr-giumruyal-ul-matiu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5325-teatr-giumruyal-ul-matiu", "title": "Театр – гӏумруялъул матӏу", "date": "2019-08-06 08:14:51", "categories": ["lit"], "text": "Булбулалъул кочӏол хӏасратал саринал\nАраб анкьалда Магӏарул театралъул артистаз бихьизабуна И. Юзеевасул пьесаялда рекъон лъураб «Булбулалъул кечӏ» абураб спектакль. Салихӏ Имангъоловасго лъун букӏараб гьелда кӏиабилеб рухӏ гъуна Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас.\nЦӏидасанги сценаялдасан гӏоли-лазда кӏалъана билулеб бугеб намус, гьеб хӏинкъулеб букӏана насихӏатал гьаризегицин. Гӏумруялъул бецӏаб бокӏнилъ кьеризабун бугеб загӏипаб гьеб къабул гьабизе щивго хӏадур вукӏинчӏо. Амма спектакль байбихьаралдаса лъугӏизегӏан гӏодулеб намусалъул гьаракь сородулеб букӏана. Бухӏулеб бугеб гьелъул махӏ чӏвараб кинигин, кватӏараб кантӏиялъ ахиралда тӏуркӏизаруна больницаялда унтун регун ругел гӏолилал. Гьезул палатаялъуве вачӏуна ункъабилев унтаравги — Хӏамзалов (Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиев).\nКъваридаб каламги, пашманаб балагьиги, ургъел гьечӏолъиялъ унтараб сверухълъиги, тӏабигӏаталдехун бугеб хашаб бербалагьиги – гьеб киналъго ракӏ унтизабурав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчи Хӏамзаловасул рекӏел угьиялъухъ гӏинтӏамидал, гӏодулеб букӏана яхӏ. Гьесда цадахъ палатаялъур регун рукӏарал унтарал рукӏана цӏакъго согӏал гӏоркьилал. Хӏамзаловас гьезие бицунеб букӏана кӏудияб гӏелалъул адаб гьабизе, аралъул къимат гьабизе, тӏабигӏат цӏунизе ккеялъулги хӏакъалъулъ.\nХӏамзаловас унтаразул цояв гӏолиласда ракӏалдещвезабулеб букӏана эбелалъухъе щвезе ине заман кидаго букӏине кколин лъималазулилан. Рохьихъан Хӏамзалов гӏорцӏулев вукӏинчӏо булбулалъул хӏасратаб кочӏол берцинлъиялъул хӏакъалъулъ бицун. Кинха гьеб бичӏчӏилеб букӏараб яхӏалда кьаву чӏван бугел гӏолилазда (артистал – Хӏ. Хасаев, С. Батиров, М. Гӏабдулатӏипов).\nГьенибго бихьизабуна гӏолилазул цо рихьарабго кколеб рокьиги Хӏамзаласулги гьесул Шамалалъулги даимаб рокьиги (Шамалай – Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Казиева).\nАхиралда херав чӏалгӏарал гӏоркьилаз гӏарза хъвала жидеда аскӏоса гьев нахъе вачейилан. Цинги, къвалакь къандалъоги ккун, херав живго уна нахъе. Ва гьеб лахӏзаталъ цояв гӏолилав-унтарав кантӏула. Намусалъ гӏадалъ хъат кьабарав гьев ви-гьана ва цогидаздаги бичӏчӏизабула жидецаго херасул гьабичӏеб адаб. Ва гьел цадахъ уна Хӏамзалов тӏадвуссинавизе. Амма кватӏун ккана – гьебсагӏаталда тохтурас лъазабула херав хванилан. Амма хвезе гьечӏо булбулалъул даимлъиялде араб кечӏ. Биччанте гьеб кочӏол абадиял сариназ чӏаго гьабизе чӏунтулеб гӏумруги гӏолилазул къасдалги. Биччанте булбулалъул роцӏараб гьаракьгун цадахъ гьезухъе тӏадбуссине эбел-инсуде бугеб гӏищкъуги, лъималазде бугеб рокьиги, рокьул цӏурал ракӏазулъан цӏидасанги гьимизе билизехъин бугеб намус. Гӏицӏго гьелъулъ буго инсанияталъул хвасарлъи.\nДида гьенибго ракӏалдещвана театралъул артистка Майсарат Гӏабдулмажидовалъ бицарабги.\n— «Я къвал бала, я къоно чӏвала» спектаклялдаса хадуб чанги лъимал ана магӏарухъ хутӏарал эбел-эмен жидедаго аскӏоре шагьаралде рачине. Гьеб рагӏараб мехалда, цо дун йохун йикӏараб куцха. Гьеле гьелъулъ буго театралъул къуват», — илан абуна гьелъ.\nЩиб лъалеб, гьаб спектаклялдаса хадубги цо-цониги гӏолилал кантӏизеги бегьула.\nГьединго спектаклялда ролал хӏана М. Нурмухӏамадовас (тохтур), Майсарат Гӏабдулмажидовалъ (санитарка), Разият Дибировалъ (медсестра)."}
{"slug": "5329-irsal-e-tarab-khazina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5329-irsal-e-tarab-khazina", "title": "Ирсалъе тараб хазина", "date": "2019-08-06 08:24:39", "categories": ["rel"], "text": "«Гьев вукӏана къуватав инсан…»\nДагъистаналъул миллияб музеялда наиб Хӏажимурадил къайи\nМахӏачхъалаялда бугеб ДРялъул миллияб музеялда цӏунун ругел Лев Толстоясул къисаялъул машгьурав багьадурасул рагъулал байрахъазулги, какикьтӏамалъулги, цӏарагӏалъулги буго хасаб тарих. Гьелда бухьараб буго Дагъистаналда музей гӏуцӏиги.\nМузей гӏуцӏизе ракӏалде ккана ХӀX гӏасруялъул ахиралда Дагъистаналъул рекӏаразул полкалъул штаб-лекарь И. С. Костемеровскиясда. Гьес гьеб ишалъе харжги гьабуна 2779 гъуруш.\nДагъистан областалъул рагъулав губернатор С. Вольскиясул буюрухъалда хъван буго: «Дагъистан областалъул экономикияб цебетӏеялъеги гӏадамазул яшавалъул материалияб рахъалъеги халкъияб устарлъиялъул кӏудияб кӏвар бугеблъи хӏисабалдеги босун, гьеб иш хехго тӏубазе кколеблъун бихьана бакӏалъулаб нухмалъиялда», — абун. Музеялъе кьуна губернаторасул минаялъул цо бутӏа. Гӏадамазги музеялъе кьуна гӏемерал тӏагӏелалгун алатал. Гьедин бакӏарана 283 экспонат: кӏазалги, станокалги, халича-тӏансабиги, цӏулал тӏагӏел-алаталги, хьиталги, ярагъги, сураталги ва цогидабги.\n1917-1920 соназда букӏана музеялъул хӏалкъараб заман, тӏагӏана гьенир рукӏарал экспонатазул гӏемерисел. Хутӏарал росана цӏияб бакӏалде ва ракӏалда букӏана гьезул кьучӏалда «Дагъистаналъул халкъияб музей» гӏуцӏизе, гьелъие нухмалъи гьабизе ахӏун вукӏана академик Н. Я. Маррил хӏалтӏухъанлъун вукӏарав художник С. А. Полтарацкий.\nБукӏинчӏо музеялда кьучӏаб хъаравуллъи, дагь рукӏана экспонатал, камулароан цогидал масъалабиги. Гьединлъидал бажарулеб букӏинчӏо музеялъул хӏалтӏи камил гьабун. Гьелъул хӏасилалда музей гочана республикаялъул тахшагьар Петровскиялде (Махӏачхъала), гьеб заманалде гьенирего гочун рукӏана Дагъистаналъул хӏукуматалъул идарабиги. Амма кватӏичӏого музей къана. Гьеб рагьиялъул суал цӏидасанги борхана 1923 соналда. Гьеб соналъул ноябралда гӏуцӏана Дагъистаналъул музеялъулаб комитет – «Дагглавмузей». Гьелъул председательлъун тӏамуна Гӏалибег Тахо-Годи. Хӏадурана музей гӏуцӏиялъул планги, гьелъул отделазда экспонатал ракӏариялъул программаги. Дагъистаналъе кӏвар бугел экспонатал ратана Москваялъулги, Типлисалъулги, Пятигорскалъулги ва цогидалги шагьаразул пачалихъиял музеязул фондазда. Гьабуна гьезулгун хӏалтӏи, ва Дагъистаналде тӏадруссинаруна къиматал алатал: ярагъ, байрахъал, художниказ рахъарал суратал, фотосуратал ва цогидабги. Гьелдаго цадахъ ракӏарулел рукӏана экспонатал республикаялдагоги. Гӏадамазухъа гьарунги, ричун росунги, цӏезаруна музеялъул отделазул фондал. Масала, Дагъсовнаркомалъул хӏалтӏухъан Хӏ. Мухӏамица музеялъе сайгъат гьабуна хвалченги тункӏил хер балеб къвачӏаги, Д. Павловас (музеялъул директор) – гиназ Г. Гагариница рахъарал суратазул альбомги Шамил имамасулги гьесул хъизамалъулги гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб 18 литографияги, Гӏ. Тахо-Годица – къимат тӏокӏаб Къуръанги Кавказалъул рагъул заманалъул документалги, доктор Ю. Клычевас – гӏарцул накъишал тӏад рекьараб хвалченги «волчок» абураб тайпаялъул ханжарги. Экспонатал ракӏариялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Дагъистаналъул Совнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасовасги. Гьес музеялъе сайгъат гьабуна Шамил имамас хъвараб 10 кагъатги, некӏсияб таманчаги, наиб Хӏажимурадил букӏараб какикьтӏамги, хулжалги, кӏиго гъадарогун гулгунги. Гьел экспонатазул цо-цоял тӏагӏана музеялдаса.\nРехсарал экспонатазда гьоркьоса бищунго бер тӏаде цӏала какикьтӏамалъ. Гьеб буго кьер-кьерал расенал тӏад угьараб ва меседил куназ накъищал рахъараб гьитӏинабго тӏанса. Какикьтӏам сверун гӏурччинаб къатипаялда тӏад меседил куналъ угьун руго хурдулги тӏугьдулги. Гьезул жанисеб рахъалда багӏараб кьералъул ххамалда тӏад угьун руго хӏанчӏигун тӏугьдул. Дагъистаналда меседил куналъ угьарулел устарзаби рукӏана Ругъжабги, Хунзахъги, Чӏохъги, Кубачирги, Гъази-Гъумекирги, Губденалдаги, Эрпелирги, Ахъсаялдаги, Жунгуталдаги. Дагъистаналъул музеялда руго меседил куналъ угьарал гӏемерал экспонатал, гьезда гьоркьоб цониги гьечӏо Хӏажимурадил какикьтӏамгӏан берцинабги тарихиябгун искусствоялъул рахъаз къиматабги асар.\nКакикьтӏамалъул гъоркьияб рахъги буго биццатаб хамил гьабураб. Гьелда тӏад угьарал расенал рилъ-рилъун руго бакӏ-бакӏаздаса. ХӀX гӏасруялъул ахиралда гьединал какикьтӏамал рукӏунаан гӏицӏго бечедал чагӏазул рокъор: ханзабазулги, шамхалазулги, бегзабазулги. Гӏумруялъго сапаразда, рагъазда, кодоб ярагъгун, чода рекӏун вукӏарав Хӏажимурадил букӏинчӏо абизегӏанасеб бечелъи. Гьединлъидал гьеб какикьтӏам наибасе щун букӏун батила лъица бугониги кьун. Гьединго какикьтӏам щвезе рес буго Жунгут росдаде гьабураб гьужумалда гӏахьаллъулагоги. Гьебмехалда наибас хъамун йикӏана Жунгуталда гӏумру гьабун йикӏарай Ахӏмад-хан Мехтулиясул лъади-къоролай Нухӏ-бика. Хӏажимурадил гьалмагъзабазе гьениса щвана гӏемераб давлаги (ханзабазул рокъоса ретӏелги, цӏарагӏги, ярагъги). Хадубккун, гӏемераб гӏарацги босун, ханасул къоролай эркенги гьаюна. Рехсараб какикьтӏам щвезе рес буго Уллу-Буйнак росдаде гьабураб гьужумалъул хӏасилалдаги. Гьениб гӏумру гьабулеб букӏана Нухӏ-бикал вацгӏал Шагьвалица. Жиндир яц хъамарав наибасда ццим бахъарав Шагьвалица гьадин абун букӏана: «Кутул щолареб гьороб эркенго хьвадулел рукӏуна гӏункӏкӏал. Гьелда релълъараб буго, жал цӏунизе бажарулел бихьинал гьечӏеб бакӏалдаса руччаби хъамиги. Кӏудияв бахӏарчиян абулев Хӏажимурадида рекъон гьечӏо гьединаб иш гьаби». Наибасда хъинтӏичӏого рукӏинищха гьел рагӏаби! Гьев ана Уллу-Буйнакалде. Шагьвалил рукъ хъамал гьабуна, гьев живго чӏвана ва хъамуна гьесул лъадиги васал-игизалги. Сапаралдаса сардилъ тӏадвуссунаго, Хӏажимурад ккана гъоркьчӏелалда тӏаде. Гьениб ккараб рагъулъ чӏвана гьесул байрахъулав. Муридасул чоде яхинаюн йикӏарай Шагьвалил хъизанги лъутун ун ятана. Лъагӏелгун бащдаб гьоркьоб индал, Шагьвалил хъизаналъ гӏарацги кьун, рокъоре тӏадруссинаруна жиндир васалги.\nКин Къоркъмасовасухъе ккарал Хӏажимурадил алатал? Гьелъул хӏакъалъулъ баянал гьечӏо.\nМузеялда буго Хӏажимурадил кӏиго рагъулаб байрахъги. Цояб – хъахӏаб кьералъул, кӏиго бегӏераб рагӏалги бугеб (137х93), кӏиябго рагӏалалъул тӏогьиб букъун буго багӏараб кьералъул ххам. Байрахъ гьесул байрахъуласухъа бахъун букӏана 1844 соналъул тӏоцебесеб июлалда генерал М. Аргъутинскиясул къокъаялъулгун ккараб рагъулъ рехсараб къокъаялда гъорлъ рукӏарал Гъазигъумекдерилги Кюриялъулги милициялъул аскарияз. Гьелда тӏад буго гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «Рахӏмуяв, цӏоб гӏатӏидав Аллагьасе гӏоло! Аллагьасукьа кумек ва хехаб бергьенлъи, реццалъулги тӏадегӏанлъиялъулги Бетӏергьан. Аллагьасул цӏаралъе гӏоло, бищун лъикӏаб цӏарги – гьесул цӏар. Анищабщинаб щоларо бихьинчиясе. Цӏукӏалъиялъ хвасар гьавуларо гьев, бахӏарчилъиялъ чӏваларо. Дур хӏалкӏолъиялдалъун, Аллагь! Ва Аллагь! Гьабе кумек бусурбабазул боялъе гучаб кумекалдалъун ва, дур хӏалкӏолъиялдалъун, рагье гьезие хӏакъаб бергьенлъи, Къудратав, щайгурелъул мун вуго Къудратав. Кинабго буго Тӏадегӏанав, Къудратав Аллагьасул кверщаликь. Цӏигьабуна 1260 с. (1844 с.)».\nГьединабго магӏнаялъул хъвай-хъвагӏаял дандчӏвалаан Кавказалъул рагъул заманалда наибзабазулги имамзабазулги рукӏарал байрахъаздаги.\nБатӏияб буго Хӏажимурадил кӏиабилеб байрахъ. Гьеб буго ункъбокӏонаб куцалъул (82хӏ27), цӏахӏилаб кьералъул, лъабго рахъалдасан рагӏалсверун тӏулакьераб ххамги букъараб. Байрахъ бакьулъ букъун буго багӏарабги гӏурччинабги ххамил лъабго гор. Гьезда сверухъ угьун руго хурдузул расенал. Байрахъалъул кӏиго бокӏоналдаги рукъун руго багӏарабги, гӏурччинабги, гӏубилабги ва цоги гӏурччинабги ххамил чӏалал. Байрахъ тушманасухъе ккана 1848 соналъул 23 июналда, пачаясул аскарияз Хьаргаби росу сверун ккураб мехалда.\nМашгьурав наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ гьесулго заманалъул чияс гьадин абуна: «Гьев вукӏана къуватав инсан, амма къисматалъ гьев рехана батӏияб рахъалде», — ян. Мацӏ лъаларел, амма гучав наибасул къваридаб къисматалъул нугӏзаллъун кколел гьесул асарал жакъаги руго искусствоведазеги тарихчагӏазеги пайдаяллъунги музеялде рачӏаразул ракӏазе кӏудияб асар гьабулеллъунги.\nХӏажимурад Доногъо"}
{"slug": "5332-sagiidbegovasul-k-agiida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5332-sagiidbegovasul-k-agiida", "title": "Сагӏидбеговасул къагӏида", "date": "2019-08-06 08:33:43", "categories": ["med"], "text": "Унтаразе хӏажатаб, тохтурзабазе чара гьечӏеб\nИталиялъул тахшагьар Рималъул «La Sapienza» университеталъул профессор, тохтур-невролог Жалал Сагӏидбегов Дагъистаналдеги вачӏун, хӏалхьи гьабиялъул бакӏалда, унтарал чӏорого сах гьарулелалдаса гӏемерал сонал руго.\nИсана июль моцӏги ккана профессорасе гӏагараб ракьалда цӏакъго хӏалуцараблъун. Дагъистаналъул миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб данделъиялда жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Хӏасанхӏусен Гӏабдулжалиловас Сагӏидбеговасе кьуна «Честь и гордость Дагестана – Золотой орел» — абураб орден. Гьелде тӏадеги, гьал къоязда Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда букӏана профессорасул «Если болит спина» абураб цӏияб тӏехьалъул цебелъейги.\nЛъаратӏа районалъул Хадиял росулъа Жалалил дунялалдаго цӏар рагӏана хӏалтӏуде бугеб рокьиялъги, бажариялъги, гьунаралъги. Тӏолабго дунялалдаго гьечӏо гьес гӏадин инсанасул мугъзагьодалъул унтаби сах гьарулев тохтур. Гьев лъала Италиялда гуревги Россиялдаги, Япониялдаги, Гӏизраилалдаги, Болгариялдаги, Германиялдаги, Канадаялдаги ва гӏемерал цогидал улкабаздаги. Машгьурав профессорасул цӏар тӏибитӏун буго киса-кибего.\n1991 соналдаса нахъе гьев ва гьесул вас Рамазан хӏалтӏулел руго Рималда. Гьенив Сагӏидбегов рикӏкӏуна цӏар рагӏарал тохтурзаби-преподавательзабазда гьоркьов бищунго машгьуразул цоявлъун. Жакъа къоялде щвезегӏан гьес хъвана нусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи, тохтурзабазе малъа-хъваял ва пайдаял тӏахьал. Гьединго Жалал Сагӏидбегов мустахӏикълъана Италиялъул тохтурзабазул Орденалъе, гьев ккола мугъзагьодалъул унтабазул хаслъабазул Америкаялъул университеталъул хӏурматияв член.\nЖакъа ракӏчӏун абизе бегьула Жалал Хӏажиевич кколин дунялалъего хӏажатав тохтурилан. Гьелъги батила профессорас, операция гьабичӏого, мугъзагьод сах гьабулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь цоцахъе бахъи гьабулебги. Гьединабго хӏужа ккана ДГУялъул деканаталда гьесулгун данделъи тӏобитӏулеб заманалдаги. Тӏохьол презентациялде рачӏун рукӏана гӏемерал тохтурзаби, гьудул-гьалмагъзаби, журналистал ва цогидалги. Данделъи бачунеб букӏана ДГУялъул электрониял СМИязул кафедраялъул заведующий Илман Гӏалипулатовас.\n«Если болит спина» абураб тӏохьол хӏакъалъулъ бицунаго, Сагӏидбеговас абуна гьеб кколин жиндирги васасулги кӏикъогогӏанасеб соналъул хӏалтӏул хӏасилилан. Цӏалдолезда бичӏчӏулеб хӏалалда хъван буго живго росулъ гӏеялъулги, ракӏалда чӏарал лъугьа-бахъиназулги, тохтурасул хӏалтӏи тӏасабищиялъулги, гӏолохъанлъи тӏамураб къагӏидаялъулги, Москваялда букӏараб цӏалулги ва Рималде ине ккеялъулги хӏакъалъулъ. Гьелдаго цадахъ бицунеб буго, операция гьабичӏого, мугъзагьодалъул грыжа сах гьабулеб къагӏидаялъулги. Гьебин абуни ккола тохтурзабазе унго-унгояб справочник гӏадинаб жо. Тӏехьалда лъун руго гӏемерал сураталги, ай бицунебщинаб лъикӏ бичӏчӏизе букӏине.\nПрофессорас бицана мугъзагьодалъул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьалги гӏелмиял макъалабиги гӏемер ругила, амма гьезда бугила гӏемерал дандеккунгутӏиял, ай унтараз жал хӏалтӏизаризе бегьуларел. Цоги гӏилла, 1982 соналда Николай Андреевич Касъянил «Мануальная терапия при остеохандрозе позвоночника» абураб монография хъваралдаса гӏемераб заман инги. Гьал ахирал соназда Касъянил «цӏалдохъабаз» гӏадамал сах гьариялъул бакӏалда, унтизарулел рукӏинги, ай гьесул методика мекъи хӏалтӏизабулеб букӏиналъул хӏасил кколин гьебилан. Жакъа 35 сонил ригьалдаса тӏаде аразда гьоркьоб 80 процент гӏадамал мугъ унтарал руго. Гьел сах гьарулел Касъянил къагӏида цӏунун букӏарабани, кинабго дунялалдаго кӏвезе букӏана унтаразул къадар дагь гьабизе. «Дун талихӏавлъун вукӏанин абизе бегьула чанго соналъ Николай Алексеевичасда цадахъ хӏалтӏизе, унтарал сах гьаризе рес щвеялдаса. Гьес дида абулаан Сагӏидбегов жиндир ученик вугилан. Гьесул гӏумрудул ахирал соназ ниж лъугьана гьудулзабилъунги», — ян бицана профессорас.\nГьелдаго цадахъ Жалал Хӏажиевичас абуна, щвараб лъаялда гӏей гьабун чӏечӏого, цӏи-цӏиял къагӏидаби рекӏелъанги риччан, гӏелмиял ресалги хӏалтӏизарун, жинца ургъанила НИРПИС абураб, ай операция гьабичӏого бищун захӏматабги грыжа сах гьабулеб хасаб къагӏида. Гьесухъ гӏенеккизе рачӏараз цӏехолеб букӏана гьеб хӏалбихьи цогидазеги гӏахьал гьабизе бегьуларищилан. Щайгурелъул гьеб къагӏида дунялалда лъицаго хӏалтӏизабуларелъул. Гьесги жаваб кьуна, вас Рамазан ругьун гьавулагоги гӏемерал сонал анин, гьеб къагӏида лъазе ккани, жинда аскӏовги чӏун, 7-8 сонгӏаги базе кколин тохтурас. Гьелгощинал соназ цадахъ хӏалтӏизе ва цӏализе студентасул сабурги гӏоларила ресги букӏунарила. Чанги рагӏула Сагӏидбеговасул къагӏида хӏалтӏизабулин абулеб. Амма гьединаз унтарал жеги щокъ гьаризе рес бугинги абуна профессорас.\n«Чанги чиясда ракӏалде ккола жидехъаги бажарулин унтаразул черхалъе гьединабго тимар гьабизе. Цо-цояз абула жидецаги бегьуларищин рокъорги чӏун дуца малъухъе, абухъе черхалъе «гӏакъуба» кьезе. Тӏаде балагьун бигьаялин ккеялъе гӏоло, дир гьел къагӏидаби руго гӏемерал хаслъаби жиндилъ ругел ва гьел лъанин кканиги чи унтизавизе бегьулел. Мугъзагьод буго инсанасул черхалъул хӏуби. Гьелда бараб буго гӏемераб жоги. Гьодил цо бутӏаялъе жагъаллъи ккани, унтула черхалъул цогидаб бакӏги», — ян бицана Сагӏидбеговас.\nГьединго профессорасе суалал кьуна тохтурлъиялда хурхарал гурелги, гӏумруялъул хӏакъалъулъги. Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Мухӏамадовалъ рикӏкӏана профессорасде жинцаго гьабураб «Вусса, Жалалудин, инсул ракьалде» абураб кечӏги. Сагӏидбегов Дагъистаналда вугин абун рагӏун, данделъиялде рачӏун рукӏана гьес сахги гьарун бусадаса рахъаралги жеги сахлъи бокьаралги.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "5334-khisa-basi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5334-khisa-basi", "title": "Хиса-баси", "date": "2019-08-06 08:43:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДНЦялъул бакӏалда – ДФИЦ\nДагъистаналъул гӏелмияб централъул нухмалъулес бицана гӏелмияб идараялда гьарурал хиса-басиязул хӏакъалъулъ\nГӏелмиял идарабазда реформа гьабизе байбихьана 2013 соналда. Гьебмехалда гӏуцӏун букӏана ФАНО – гӏелмиял идарабазул федералияб агентство. Гьелда гъорлъе рачана улкаялда ругел киналго гӏелмиял институтал ва байбихьана гьезул цӏигьариялги. Россиялъул гӏелмиял идарабазда реформа гьабун рагӏалде бахъинабуна 2018 соналда – Россиялъул Гӏелмуялъул ва тӏадегӏанаб лъайкьеялъул министерство гӏуцӏараб мехалда. Рехсараб министерствоялъул нухмалъиялда гъоркье ккана улкаялъул гӏелмиял академиялгун институталги.\nДНЦялда гьабураб реформаялъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Ахъай Муртазаевас: «Нилъер гӏелмияб централъул 10 идара (ичӏго институтги жибго центрги) рукӏана лъидаго рачӏел хасал юридикиял идарабилъун. 2018 соналда байбихьана гьел цолъизаризе. Щуабилеб июлалда хъвай-хъвагӏай гьабуна нижер идараялъул цӏияб уставалъулги. Гьанже гьелда цӏар буго Россиялъул гӏелмабазул академиялъул федералиял цӏех-рехазул Дагъистаналъул центр. Букӏана РАНалъул ДНЦ, гьанже букӏине буго РАНалъул ДФИЦ», — ан.\nЦӏех-рехазул цӏияб централда гьоркьобе уна микьго институт – РАНалъул ДФИЦалъул хасал бутӏаби хӏисабалда.\nАхъай Муртазаевас бицана, улкаялъул регионалиял гӏелмиял центразде дандеккун, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул хиса-басиял гьарулаго, цониги гӏалимчи яги цогидав хӏалтӏухъан нахъе витӏичӏин абунги. «Цӏигьариязда бан, кьучӏдасанго хисулел руго институталъул директорасдаги, гьесул заместителаздаги, бетӏерал бухгалтераздаги, кадрабазул отделазул начальниказдаги тӏадал ишал. Институтал махӏрумлъана юридикияб статусалдасаги», — ан бицана ДФИЦалъул председателасул ишал тӏуралес.\nХиса-басиял гьарулаго, гӏалимзабазе щолел харжазеги къварилъи ккечӏин бицана Ахъай Муртазаевас. РФялъул президентасул указалда рекъон, гӏалимзабазул харжал рукӏине ккола регионалъул экономикаялда ругел харжаздаса 200 проценталъ цӏикӏкӏун. «Амма рехсараб указалда хӏисабалде росун гьечӏо гӏелмиял гурел хӏалтӏухъаби. Масала, лабораториялъул заведующий абураб хъулухъалда хӏалтӏулев чиясул харж рехсараб къагӏидаялда цӏикӏкӏинабизе ихтияр гьечӏо. Лабораторияги кумекалъулал цогидал хъулухъалги гьечӏого, кин цебетӏезабун бажарулеб гӏелму? Гьеб рахъ берзукьа борчӏун буго харжазул хӏакъалъулъ документ хӏадурулаго», — ян бицана А. Муртазаевас.\nЦентралда церечӏарал масъалабазулги гьенир хӏадур гьарурал Дагъистаналъул экономикаялъе пайдаял цӏех-рехазул хӏакъалъулъги бицунаго, гьадин абуна гьес: «Цӏакъ пайдаяб, щивав дагъистаниясе кӏвар бугеб цӏех-рех ккола мугӏрузул 39 районалда ругел иццазул лъел анализ гьаби. Гьениб бихьизабун буго инсанасул черхалъе зарал яги пайда гьабулел микроэлементазул къадарги. Масала, пуланаб районалда тӏибитӏун буго мукъур (зоб (щитовидная железаялъул) унти. Гьелъие гӏиллаги ккола лъелъ йодалъул мукъсанлъи букӏин. Руго иццал, жиделъ нитратал цӏикӏкӏаралги. Гьезги зарал гьабула инсанасул сахлъиялъе. Гӏалимзабаз хӏадурун руго, заралиял лъинал ругел бакӏаздасаго материалги хӏалтӏизабун, чорхое кколеб зарал гьукъулел фильтралги. Гьел хӏасилал нижеца рихьизаруна Сахлъицӏуниялъул министерствоялдаги цогидал идарабаздаги. Амма гьезие асар гьабичӏо гьелъ.\nРеспубликаялъул экономикаялъе цӏакъ пайдаяблъун ккола физиказул гӏелмияб хӏалтӏиги. Гьез хӏадурун буго хасаб тайпаялъул цӏер. Гьеб гордазда лъуни, цониги минаялда лъезе ккеларо кондиционер – гьеб цӏералъ къватӏибе биччаларо хинлъиги. Буго нилъер цӏорол завод. Сордо-къоялда жаниб гьениб хӏадурула 600 тонна цӏорол. Гьеб бичула Россиялъул регионаздеги къватӏисел улкабаздеги. Гӏалимзабазул цӏигьариялдаса пайда босани, заводалъе щолеб хайир чанцӏулго цӏикӏкӏинаан. Амма, пайда щиб, нижер ахӏиялъухъ гӏинтӏамулев чи гьечӏо», — ян.\nМагӏарул районазда ругел иццазул халгьабулаго, гӏалимзабазул цӏех-рехазул ккарал хӏасилал нижеца рахъизе руго «Хӏакъикъаталъул» гьурмазда.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "5336-rugalabi-bechedab-chapar-bugo-khiak-ik-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5336-rugalabi-bechedab-chapar-bugo-khiak-ik-at", "title": "Ругьалаби бечедаб чапар буго «Хӏакъикъат»", "date": "2019-08-06 08:47:28", "categories": ["obshestvo"], "text": "Миллаталъул матӏулъун кколеб миллияб газета хъвазе кӏочене бегьиларо\nДагьаб цебегӏан Шамилхъалаялда тӏобитӏана республикаялъул почалъул ва газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазул данделъи. Гьениб берцинаб, цоцазда ричӏчӏараб хабарги ккана. Хӏукму гьабуна, цоцазда гӏайибал чӏвалел рукӏинчӏого, кидаго гӏадин цадахъ рекъон хӏалтӏизе ва газета цӏалдолезухъе гӏужда щвезабизе хӏаракат бахъизе."}
{"slug": "5383-giadada-giodorchieyal-sakhl-iyal-e-zaral-gabula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5383-giadada-giodorchieyal-sakhl-iyal-e-zaral-gabula", "title": "Гӏадада гӏодорчӏеялъ сахлъиялъе зарал гьабула", "date": "2019-08-13 11:40:39", "categories": ["med"], "text": "Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал гӏемер хьвадизе кколин лъазабулеб буго ВОЗалъ\nГӏемер рагӏула кӏудияб ригьалъул гӏадамазда гӏолохъанаб гӏелалъ, нуж гӏумруялъ хӏалтӏун сваканги ратилин, гьанжегӏаги хӏухьбахъиялда рокъор чӏун рукӏаян абулеб. Росабалъги дандчӏвала, ункъойилъе раханиги, боцӏи-панзги хьихьулел, рагӏи-херги, данде гьабулел херал гӏадамал. Дунялалъул боцӏи данде гьабизе гӏащикълъун, бахиллъиялъ гьабулеб жо гуребха гьез хур-хералъул хӏалтӏи, гьеб гьабичӏони, сахлъи нахъекколеб букӏун, гӏумруялъго гьабун ругьунаб хӏалтӏи рехун тезе бокьичӏого. Гӏемерисел чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз абула, боцӏи хьихьичӏони, жал унтулин, гъеж-квер битӏизабизегӏаги хӏалтӏи къваригӏинарищ жидееян. Медицинаялъги лъикӏаблъун бихьизабулеб буго чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул сахлъи рилълъанхъиялъ ва батӏи-батӏиял физическиял упражненияз щула гьабулин. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъул халгьабулеб, «геронтология» абураб хасаб рахъгицин буго медицинаялда.\n2010 соналда физическияб хӏаракаталъул рахъалъ сахлъицӏуниялъул тӏолгодунялалъулаб гӏуцӏиялъ (ВОЗ) дунялалъулго батӏи-батӏияб ригьалъул гӏадамазе дандекколел малъа-хъваял гьарун рукӏана. Гьениб буго 65 соналъул ригьалдаса тӏаде арал гӏадамаз гьабизе кколеб физическияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ бицунеб бутӏаги, геронтологиялъул рахъалъ тохтурзабаз жидерго хӏалтӏулъ гьелдаса пайдаги босула. Гьел малъа-хъваяздаса пайда босани, чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал миокардалъул инфаркталдаса, инсульталдаса, кӏиабилеб тайпаялъул чакрил диабеталдаса ва кьаралъиялдаса, гьединго онкологиял батӏи-батӏиял тайпабазул унтабаздаса, депрессиялдаса, гӏакълу загӏиплъиялдаса цӏунулин чӏезабун буго гӏалимзабаз гьарурал гӏемерал-цӏех-рехазда.\nВОЗалъ чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазе лъикӏаблъун бихьизабула гӏицӏго спорт гуребги, бокьараб рагъа-рашари, хӏаракат. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазе сахлъи щула гьабиялъе гӏураб буго рокъоб, ахикь, хуриб хӏалтӏи, тӏабигӏаталда тира-свери, хехго рилълъин, велосипедалда рекӏун хьвади ва гь.ц. Щибаб къоялъ жидерго ругьунаб хӏалтӏуде хьвадулел ругоницин сахлъи щулалъулин рикӏкӏунеб буго.\nТохтурзабазул малъа-хъваял\nЧӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз, сахлъи щула гьабиялъул мурадалда, щибаб къойил хьвади тӏасабищулеб батани, ракӏалде кковухъе хьвадизе бегьуларо, гьелъие ВОЗалъ заманги къагӏидаги бихьизабун буго.\nМасала, хехго рилълъине бокьулел анкьида жанир 150 минуталъ рилълъанхъизе ккола. Рекерулезейин абуни, анкьида жаниб 75 минут бихьизабун буго. Анкьида жаниб рилълъанхъизе кколеб заман щибаб къоялъ цого къадаралда бащад кколедухъ бикьизе ккола: 150 минут анкьиде бикьила, гьеб ккола щибаб къойие 20 минут. Рекеризейин абуни щибаб къойил 10 минут гӏола. Сахлъиялъул квалквал гьечӏони, рилълъин жеги цӏикӏкӏинабизе бегьула 300, рекери — 150 минуталде щвезегӏан. Гьеб сахлъиялъе пайдаяблъун букӏине бокьани, гьоркьоб къо биччачӏого рилълъанхъизе яги рекеризе ккола.\nНагагь жакъа нуж 10 минуталъ гурони рилълъанхъун ратичӏони, метер гьелиъе заман цӏикӏкӏун кьезе ккола, гьединлъидал щибаб къойил хьвадизе бихьизабун букӏараб 20 минуталъул бакӏалда 30-40 минуталъ рилълъанхъизе кколин абулеб буго «Геронтология» гӏелмияб централъул хӏалтӏухъабазги.\nЧакрил диабет, гипертония яги цогидал унтаби ругел гӏадамазул къуват дагьлъула, гьезул ччорбалги загӏиплъула, гьев дагьав гурони хьвадуларо. Инсанасул ччорбал гӏола 50 сон базегӏан, хадубин абуни гьел тӏагӏуна. Ччорбал цӏунизе кӏола анаэробиял (кислород хӏажалъуларел) упражнениял гьарулел ругони. Къуваталъулал упражнениял анкьида жанир лъабгогӏаги нухалъ гьаризе ккола, цо упражнение 30 минуталъ гьабила. Гьелъие дандеккола гиряби, гантелял, штанга, къуваталъулал тренажерал. Нагагь гьединал упражнениял захӏмалъулел ругони, лъел шушбиги росун гьел рорхун гьарурал упражнениялцин гӏола ччорбал цӏуниялъе.\n«Геронтология» Россиялъул гӏелмияб централъул гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго, чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул сахлъи щула гьабиялъе ВОЗалъ рихьизарурал упражнениял щивасул чорхол хӏалалъухъ балагьун гьаризе кколин. Рилълъанхъи, рекери яги къуваталъул упражнениял тохтурзабазулгун дандбан гьаризе лъикӏаб буго.\nХӏадур гьабуна\nПатӏимат Султӏанмухӏамадовалъ."}
{"slug": "5384-ustarl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5384-ustarl-i", "title": "Устарлъи", "date": "2019-08-13 11:43:47", "categories": ["pismo"], "text": "Билизе теларо умумузул махщел\nХунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росу ккола Дагъистаналъул халкъияб устарлъиялъул центразул цояб\nГьоцӏалъ росуйилан абидал, гӏемерисезда ракӏалде рачӏуна гӏарцулгун пахьул батӏи-батӏиял тӏагӏелалги алаталги. Щайгурелъул 1958 соналдаса нахъе Гьоцӏалъ хӏалтӏулеб бугелъулха артель (художествияб комбинат). Гьеб рагьизе тӏоцебе ракӏалде ккарав чиги вуго Мухӏамад Жамалудинов. Араб гӏасруялъул лъабкъоялда анцӏабилел соназда раккана Россиялдаго цӏар рагӏарал махщелчагӏи: И. Е. Репинил цӏаралда бугеб пачалихъияб премия щварав Б. Гьиматов, Т. Хӏажимирзоев, М. Гӏабдурахӏманов, Г. Гӏабдухӏалимов ва цогидалги. Артелалда гьарулел рукӏана хунжрул, цӏарагӏ, гӏучӏалтӏамал, руччабазул рахсал, кӏилкӏал, баргъичал, рачалаби. Амма пахьул хӏалтӏаби гьоцӏдерица гьарулаан артель рагьилалде кӏиго гӏасруялъ церего. Тӏоцере гьарулел рукӏун руго жаниб квен гьабулел ухиял (котелки). Тӏолабго Авариялдаса гӏадамал рачӏунаанила гьел росизе. Гьеб «пахьул гӏасруялдаса» хадуб дагь-дагьккун гьаризе байбихьана гӏарцул тӏагӏелалги. Доб заманалда артелалда хӏалтӏулев вукӏана лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун чи.\nГӏасруялдаса гӏасруялде загьирлъулел рукӏана гӏицӏго гьоцӏдерие хасиятал накъищал. Гьоцӏдерица гьабулеб къайиялда бахъулаан аслияб лъабго накъищ: жубараб накъищ, хъахӏаб накъищ ва чӏегӏераб накъищ. Руччабазул алатал берцин гьаризе гӏемерисеб мехалда бахъулеб букӏана «дамгьан» абураб накъищ. Жубараб накъищ – пуланаб ва киданиги хисизабулареб тартибалда тӏагӏелалда тӏад рекьарал декоративиял тӏугьдулги тӏанхалги. Хъахӏаб ва чӏегӏераб накъищ – чӏегӏераб кьералда тӏад хъахӏаб яги хъахӏалда тӏад чӏегӏераб накъищ.\nXХӀ гӏасруялда дагьлъана гьел тӏагӏелазул тӏалаб гьаби ва художествияб комбинатги къана. Хутӏана дагьалго чагӏи гьеб хӏалтӏи рехун течӏел. Гьабсагӏаталда дида лъалел гьоцӏдерил махщалил ккола: Хӏажиев Шарабудин, Хӏажиев Хӏажияв, Гӏумархӏажиев Тӏагьир, Сагӏидов Сагӏид, Хӏажимухӏамадов Мухӏамад, Мухӏамадгӏалиев Султӏанахӏмад. Гьезул алатал росула батӏи-батӏиял шагьаразде ричизе ва выставкабазда лъезе. Хьул буго, гьел устарзабаз жидерго махщел тӏагӏине теларин ва лъималазе ирсалъ кьелин абураб.\nРазияханум Патӏиналаева,\nГьоцӏалъ росу"}
{"slug": "5385-rakul-rakhcharal-nugizal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5385-rakul-rakhcharal-nugizal", "title": "Ракьулъ рахчарал нугӏзал", "date": "2019-08-13 11:49:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Северияб Кавказалъул экспедициялъул хӏалтӏул хӏасилал\nРоссиялъул гӏелмияб академиялъул Археологиялъул институталъулги (ИА РАН) Дагъистаналъул федералияб цӏех-рехалъул централъул Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъулги (ИИАЭ ДФИЦ) гӏалимзабазул цадахъаб хӏалтӏул хӏасилалда чӏезабуна кӏиго миллион соналъ цебеккун тӏубанго батӏияб гӏумру букӏараблъи Дагъистаналъул ракьалда.\nПалеолитин абула ганчӏил гӏасруялъул заманалда. Гьебмехалда дунялалда рукӏана пикру гьабизеги цадахъал ишал гӏуцӏизеги бажари бугел, инсанасда релълъарал маймалаказда цебесебин гӏалимзабаз абулел къокъабазул тайпаби (гьезда абула гоминидалин). Гьез хӏалтӏизарулел рукӏана рукӏа-рахъиналъеги чанахъанлъиялъеги хӏажатал ганчӏилги, цӏулалги, рукьбузулги, цӏакилги алатал. Гьезда жеги лъалароан ракьалдаса пайда босизе. Гьезул гӏумру бараб букӏана тӏабигӏаталда. Квание гьез хӏалтӏизабулаан чан яги хурдул. Гьедин гӏумру гьабулел гоминидазул лъалкӏал гӏалимзабазда тӏоцере ратун руго Северияб Африкаялда.\nТарихчагӏазгун археологаз 2005 соналда байбихьана Гӏахъуша районалъул Гӏахъуша росдада гӏагарлъухъ ругел гохӏазул цӏех-рех гьабизе. Гьелъие гӏаммаб нухмалъи гьабулеб буго РАНалъул член-корреспондент, археолог Хизри Гӏамирхановас. Гьесул баяназда рекъон, Дагъистаналда бугеб археологияб памятникалъ инсанияталъул тарихалъул хӏакъалъулъ букӏараб пикру кьучӏдасанго хисизабизе рес буго.\n10 соналъул цӏех-рех\nХизри Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь Мухкай абураб бакӏалда гӏуцӏарал гӏелмиял цӏех-рехазул ва ккарал хӏасилазул хӏакъалъулъ нижеца хъван букӏана ункъо соналъ цебеги. Исана гӏалимзабазда гьенир ратун руго кӏиго млн 800 азарго соналъ цебе некӏсиял гоминидаз дагьаб заманалда гӏумру гьабиялъул лъалкӏал. Гьел лъалкӏалги халлъулел руго 70 метралъул гъварилъуде бухъараб ракьул 30-ялдаса цӏикӏкӏун геологияб гъаталъулъ. «Нижеца халгьабулеб культураялъул хронологияб манзил буго цӏакъ халатаб – цо миллионгун 200 азарго сон. Гьелда бан гӏемерлъулел руго церечӏолел батӏи-батӏиял масъалабиги. Гьабсагӏаталда нижер цӏех-рех унеб буго бищунго некӏсияблъун рикӏкӏунеб олдаван абураб тарихияб заманалда сверухъ. Гьелдаса хадуб байбихьизе буго ашель абураб заманалъул цӏех-рех. Гьеб ккола гӏага-шагарго миллион соналдаса ичӏнусазарго соналде гӏагарун заман», – ан бицана Х. Гӏамирхановас.\nГӏалимчияс рехсараб заманалда букӏинчӏо гьанже заманалъул чиясда релълъарав инсанго. Букӏинчӏо гьезул гӏумру гьабулеб цоккураб бакӏги. Абизе бегьула, сапаралда бугеб къокъаялъ сордо яги цо чанго къо базе тӏасабищараб бакӏалда релълъунаанин гьанже гӏалимзабаз Мухкаялда цӏех-рех гьабулеб бакӏилан. Гьезул пикруялда, Мухкаялда гоминидаз гӏумру гьабулеб букӏун буго Африкаялда рукӏараздасаги цебеккунго ва гьединлъидал тӏолабго дунялалъул инсанияталъул тарихалда хиса-басиял ккезарула гьеб памятникалъул цӏех-рехалъ. Африка тун хутӏараб дунялалда, хасго Евразиялда, ратарал гӏадамазул гӏумруялъул лъалкӏазда гьоркьоб Дагъистаналъул археологазда батараб ккола бищунго некӏсиябин абизе бегьулеб памятник. Гьелъие нугӏлъи гьабула Мухкаялда ратарал инсанасулин абизе бегьулелги ва цогидалги рукьбузги рукӏа-рахъиналъул алатазги ва хурдузулгун рухӏчӏаголъабазул хутӏелазги. Гӏалимзабазухъе щун буго азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гьединаб хӏужа.\n«Раскопкаби гьанир гьарулел руго 10-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Гьезул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицана батӏи-батӏиял гӏелмиял дандеруссиназдаги гӏелмиял журналаздаги. Гьеб хӏалтӏи жеги гӏемерал соназ халалъизеги буго. Ганчӏил эраялъул кватӏараб заманалъул цӏех-рехал гьарулел руго жеги Югалъулаб Дагъистаналда, Дарвагъчаялда, Рубасалда. Руго гьединалго халгьабиял унел Азов ралъдада гӏагарлъухъги. Гьаниб гӏадинаб некӏсияб памятник гьезда гьоркьобги гьечӏо», – ян бицана экспедициялъул нухмалъулес.\nМухкай 1\nАхираб ункъо соналда жаниб гӏалимзабаз халгьабиялъе бухъараб гохӏил борхалъи бахана азаралда анлънусго метралде. «Мухкай-1» абураб щобда раскопкаби гьарулел руго Дагъистаналдаса гӏалимзабаз. Гьезул нухмалъулев, тарихиял гӏелмабазул кандидат Артур Таймазовас бицана ахираб заманалда щварал баяназул хӏакъалъулъ. «Гьаниб халлъулеб буго тӏубанго батӏияб ландшафт. Миллионал соназ цебе гьеб бакӏалда букӏинчӏо мегӏер-щоб, гьеб букӏана гӏатӏидаб авлахъ. Авлахъалдасан чвахулеб букӏана гӏор. Гьеб чвахулеб букӏана Каспий ралъдахъе. Гьенирехун чвахулел руго гьабсагӏаталда районалда ругел Гӏахъуша ва Цианшури абурал гӏоралги. Гьеб пикру тасдикъ гьабула нижеда ратарал ралъдал рухӏчӏаголъабазул хутӏелазги.\nНижеца бухъараб гохӏил ункъо метралъул гъварилъуда якъинго бихьулеб буго гӏурул мухъалъул куц. Гьелъул буго ункъо метр гӏеблъи ва метргӏанасеб гъварилъи. Тӏасияб ракьул гъат буго жакъаги гӏурул рагӏалда букӏунеб гӏадинаб хӏатӏ. Гьелъул биццалъи буго цо метр. Хадусеб гъат – ганчӏазул сокӏкӏел – гьеб халалъула тӏолабго гохӏилъ. Гьеб бихьулеб буго Мухкай-2 памятникалъул раскопкабазухъ балагьидал. Релълъарал руго кӏиябго памятникалда ратулел тарихиял хӏужабиги. Нижеда ратана чопералги (пуланаб жоялда тӏад кьабизе хӏадурараб алат), ганчӏил гьарурал чӏахӏиял ва гӏисинал батӏи-батӏиял тайпабазул нусалги, хучдулги, цӏоко ччукӏизе яги бацӏцӏад гьабизе хӏалтӏизарулел алаталги. Абизе бегьула, гьанир ругин олдаваналъул заманалъе хасиятал тӏолалго тӏагӏел-алаталин.\nГьел хӏужабаз бицунеб буго, гьаниб, гӏурул рагӏалда букӏанин некӏсиял гӏадамазул гӏумру. Гьез хӏалтӏизарулаан мачӏуялъул гьарурал алаталгун тӏагӏелал. Мачӏу гӏемер буго Мухкаялда», – ян бицана Таймазовас.\nГӏахъуша район рикӏкӏуна некӏсиял памятникал гьарзаяб бакӏлъун. Гьенир раскопкабигун цӏех-рехал гьаризе байбихьана Дагъистаналъул машгьурав гӏалимчи Владимир Котовичас. Араб гӏасруялъул 50-60-абилел соназда гьесда гьенир ратана ганчӏил гӏасруялъул 60-азаргоялдаса щуазарго соналде щвезегӏан цереккунисел гӏемерал памятникал. «Гьабсагӏаталда нижеца гьарулел цӏех-рехал тӏубанго батӏиял руго. Дол соназда рукӏинчӏо памятникалъул ригь мухӏканго чӏезабун бажарулел технологиял. Цӏех-рехал байбихьиялъе гӏиллалъун ккана гӏадатияб лъугьа-бахъин. Гӏахъуша районалда телефоналъул вышка лъолеб мехалда, борхатаб гохӏда ратун руго некӏсиял алатал. Гьел рачӏана ДНЦялъул гӏалимзабазухъе. Чӏезабуна гьел щуазарго соналъ цере рукӏарал ругеблъи, ай мазгарул заманалъул кколеблъи. Дун ана Гӏахъушиве. Байбихьана раскопкаби гьаризе. Амма гьадинаб бечедаб памятникалде тӏаде ккелин хьулго букӏинчӏо.\nДагь-дагьккун, къойил хӏалтӏун щолел руго тарихиял артефактал. Аслияб масъала хӏужаби рати кколаро, кӏвар бугеб масъала буго гьезул ригь чӏезаби. Гьелъие кумекалъе хӏажалъула физикалги, химикалги ва цогидал гӏалимзабиги. Археологасда тӏадаб буго пуланаб бакӏалда некӏсияб хӏужа балагьи, гьелъул мухӏканаб цӏех-рехалда гьоркьоре лъугьуна батӏи-батӏиял гӏелмаби.\nНижеда гьанир ратарал хӏужабазул кьучӏалда мухӏканго абизе бегьула, Бакъбаккул Африкаялдаги Дагъистаналдаги, ай батӏи-батӏиял ва цоцадаса цӏакъго рикӏкӏада ругел бакӏазда гӏумру цого къагӏидаялда цебетӏолеб букӏанин. Цоцазулгун бухьеназе рес букӏинчӏониги, гьезул букӏун буго цӏакъ релълъараб рукӏа-рахъин», – ан бицана Хизри Гӏамирхановас.\nАрхеологазда Мухкаялда ратарал хӏужабазул халги гьабун, биологаз чӏезабуна, масала, гьениб гӏумру гьабулеб букӏараблъи жирафазги, пилазги, антилопабазги, зебраялда релълъарал чуязги, ай саваннаялъул хӏайваназ. Мугӏрузул тайпаялъул хӏайваналъул рукьби яги мугӏрузда рижулел хурдузулгун гъутӏбузул хьонал-хутӏелалго ратулел гьечӏо гьенир.\nМухкай II\nГьаниб хӏалтӏулеб буго РАНалъул Археологиялъул институталъул гӏалимзабазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб буго тарихиял гӏелмабазул кандидат Дмитрий Ожерельевас.\n«Тӏоцебесеб нухалда 2009 соналда вачӏана дун Дагъистаналде. Дун щвана Дербенталде, Гъуниве. Дие рокьула мугӏрул, дун гьавуна Казахстаналда, Алматыялда гӏагарлъухъ. Гьединлъидал батила, мугӏруздехун цӏикӏкӏун цӏала ракӏ.\nЩибаб соналъ роол заманалда гьанив хӏалтӏула. 2015 соналда нижеда батана кӏиазаралда щунусгониги ракьа. Гьелдаса нахъе ратулел руго цогидал тарихиял хӏужабиги.\nМачӏуялдаса рекизарулаан кескал ва гьел хӏалтӏизарулаан батӏи-батӏияб хӏалтӏи гьабулеб мехалда. Масала, бегӏераб рахъги цебехун ккезабун, бухулаан цогидаб гамачӏ, бекизабулаан цӏулакьо. Щибаб алаталъе кьун буго иргадулаб номер. Амма жеги ургъун гьечӏо чӏванкъотӏараб къо-моцӏ чӏезабулеб гӏелмияб къагӏида. Гьединлъидал ратарал хӏужабазул гӏицӏго гӏага-шагарго ригь абизе бегьула», — ан бицана гӏалимчияс.\nДмитрий Ожерельевас абуна, жиндир харбазухъ гӏенеккун хадуб, Дагъистаналде щванилан гӏемерисел гьудулзабиги. «Дица гьезда мухӏканал хӏужабаздалъун бицуна Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Гьаниб буго Каспий ралъадги, мугӏрулги, гьайбатал гӏадамалги», — ян бицана гьес.\nДарья Стулова гьаюна Владимиралда. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Москваялда, РАНалъул АИялда лаборантлъун. 17 сон баралдаса нахъе Дарьяца гьаруна мугӏрузде сапарал. Гьелъ тӏасабищараб пишаялде дандечӏоларо эбел-эменги. Кавказалъул мугӏрузде гӏемер щвана гьей. Мугӏрузде бугеб рокьиялъ тӏасабищана гьелъ Дагъистаналде унеб археологияб экспедицияги. «Кӏиабилеб нухалда щвана дун хӏалтӏизе Дагъистаналде. Бищунго рекӏее асар гьабула мугӏруз. Гьанир гьел руго гьайбатал! Хӏалтӏи буго лъикӏаб, интересаб. Гьединлъидал свакги лъаларо, чӏамучӏлъунги букӏунаро. Дагъистаниял руго гьалбал хириял, ракӏразиял гӏадамал. Бищунго дие рокьана нисулъ хинкӏал – Москваялда хӏалбихьун букӏана дица гьаризе, амма гьанир гӏадал татуял дихъа гьарун бажаричӏо», — ян бицана Дарьяца.\nЮлия Грецкаялъ лъугӏизабуна Коломна шагьаралъул Социалиябгун гуманитарияб университет. «Лъабго соналъ хӏалтӏулей йиго дун палеолиталъул гӏелмиял цӏех-рехазда. Йикӏана Москваялда гӏагарлъухъги Чехиялдаги тӏоритӏарал экспедицияздаги. Гьел цӏех-рехал рукӏана палеолиталъул ахирисел гӏасрабазул хӏакъалъулъ. Исана дие бокьана гьелдасаги некӏсияб тарих лъазабизе. Дица тӏасабищана Дагъистаналде унеб экспедиция. Гьеб буго дир рекӏее бокьун гьабулеб хӏалтӏи. Дица лъугӏизабуна тарихалъул факультет, тӏоцебесеб курсалда малъана нижеда археологиялъул кьучӏалги. Гьелдаса нахъе гӏахьаллъула археологиялъул экспедициязда. Хьул буго, дир гӏумруялда жаниб гьеб пишаялъ аслияб бакӏ кквеялдеги.\nДагъистаналде дун щвана тӏоцебесеб нухалда. Гӏажаиблъизаюна дагъистаниязул тӏабигӏаталъги гӏаданлъиялъги. Цого бакӏалда гьанир дандчӏвала исламияб къагӏидаялда ретӏа-къаралги европаялъулаб партал бугелги ясал. Дун гьание ине йигин рагӏараб мехалда, цо-цояз цӏакъ хӏаракат гьабулеб букӏана дие нух къазе, дир гӏумруялъе хӏинкъи букӏине бугоян харбалги рицун. Амма иш гӏаксалда ккана. Нухкъосун ккараб мехалдацин кумек гьаризе ккечӏо – жалго рачӏана аскӏоре ва нух малъана. Гьоболлъухъе ахӏула лъазецин лъаларел гӏадамаз. Цӏакъ бокьана дагъистаниязул тӏагӏамаб квен-тӏех.\nРаскопкабазул хӏакъалъулъ абуни, дун тӏоцебесеб нухалда дандчӏвана гьанир ратарал тӏагӏел-алаталгун. Гьединал рихьун рукӏинчӏо цееккун дун щварал бакӏазда. Гьаниб кинабго цӏияб буго дие – гӏадамалги, мугӏрулги, тарихиял алаталги», — ян бицана Юляца.\nХадубккунги гӏелмиял цӏех-рехазул бакӏлъун жинца тӏасабищилаан Дагъистанин йикӏана Ю. Грецкая. «Дун ккола тарихалъул учительница, амма ракӏалъ цӏалеб махщел буго археология. Педагогияб лъаялъ кумек гьабулеб буго дие хӏалтӏизе, хасго методикияб лъаялъ», — ан абуна гьелъ.\nЦо-цо халкъаз ургъун бахъула жидер тарих некӏсияб букӏиналъул хӏужа. Гьелъие гӏоло хӏалтӏизарула маргьаби, биценал, мифал. Жидерго гьечӏони, мадугьалзабазул халкъияб гьунаралъулъ хъирщадунги балагьула. Дагъистаналъул щибаб ракьул бутӏаялъулъ бахчун буго бечедаб тарих. Хизри Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел гӏалимзабазул цӏех-рехазул хӏасилалда рагьулеб буго жеги лъиданиги лъалареб, лъиданиги ракӏалдецин ккелареб гӏадинаб Дагъистаналъул тарих. Гьелъул кьучӏалда рес буго инсанияталъулго тарихалде букӏараб бербалагьи хисизеги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "5386-shchivgo-kiochon-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5386-shchivgo-kiochon-gechio", "title": "Щивго кӏочон гьечӏо…", "date": "2019-08-13 11:53:50", "categories": ["obshestvo"], "text": "Россия чӏухӏарал бахӏарзал\nИсана 20 сон тӏубала чачаназул ракьалдасаги рачӏун,\nизну гьечӏого яргъид гӏуцӏарал хъачагъал Дагъистаналде кӏанцӏаралдаса\nКидаго гӏадин, нилъер халкъ бахъана къватӏибе улка цӏунизе. 1999 соналъул августалда Дагъистаналде кӏанцӏарал хъачагъазул къокъабазде данде гьабулеб рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъухъ ва бахӏарчилъиялъухъ Дагъистаналъул лебалал васал мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏаралъеги.\nДаудов Закир (1980-2000) — Россиялъул Бахӏарчи. Гьавуна 1980 соналъул 25 марталда Калмыкиялъул Черноземельский районалда. 1997 соналда школа лъугӏидал, армиялда хъулухъги гьабун, 1999 соналда витӏана Чачаналде. Гьес гӏахьаллъи гьабуна чанго тунка-гӏусиялъулъ. 1999 соналъул 10 декабралда «Басрияб Атаги» росу цӏунулаго ккараб рагъулъ гьес пулеметчик тӏагӏинавуна. 30 декабралда, Аргуналъул кӏкӏалахъ 50 чиясдаса гӏуцӏараб хъачагъазул къокъаялъ, бакӏ лъикӏго лъалеб букӏиналдаса пайдаги босун, солдатазде гулла базе байбихьана ва гьел нахъе къазе ккана. Кӏудияв сержант З. Даудовас, гьалмагъзаби нахъе инегӏан, тӏаде рачӏунезул гьужум нахъчӏвана ва къайицадахъазда хадувги гъун, нахъеги вагъизе лъугьана. Амма гьеб рагъулъ Закир захӏматго лъукъана ва гьенивго къадаралде щвана. Гьесие Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна 2000 соналъул 19 апрелалда.\nЗагьидов Загьид – полковник, Россиялъул Бахӏарчиясул цӏаралъе мустахӏикълъана 1999 соналъул 5 октябралда. Гьавуна 1961 соналъул 25 маялда Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъ. Советияб армиялъул кьеразулъ хъулухъ гьабуна Афгъанистаналда. Милициялде хӏалтӏизе лъугьана 1981 соналъул ноябралда.\n1999 соналъул лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъизе Загьид Болъихъе вачӏана 30 июлалда. 2 августалда милициялъул хасаб батальоналъул бетӏерлъуда гьев гӏахьаллъана Цӏумада ккарал рагъулал тунка-гӏусиязулъ ва цебелъураб масъала ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна.\n25 августалда Загьидица нухмалъи гьабулеб рагъухъабазул къокъа рехана Гъадар мухъалде. Гьезда тӏадкъан букӏана Карамахьи ва Чабанмахьи росаби вагьабияздаса эркен гьари. Хӏалуцараб рагъулъ гьес нухмалъи гьабулел рагъухъабаз тӏадкъайги тӏубазабуна.\nМухӏамадов Дибирхӏажи – доб заманалда милициялъул Болъихъ райотделалъул хӏалтӏухъан, Россиялъул Бахӏарчи. Гьавуна Болъихъ районалъул Гъодобери росулъ 1968 соналъул 23 марталда. Армиялда хъулухъ гьабун хадуб, 1994 соналда милициялде хӏалтӏизе лъугьана ва гьеб заманалде СОГалъул командирлъун вукӏана. Россиялъул Бахӏарчиясул цӏаралъе мустахӏикълъана 2000 соналъул 29 маялда.\n1999 соналда яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул 500 чи жаниве вачунеб къокъа Дагъистаналъул ракьалде кӏанцӏараб заманалда, Дибирхӏажи гьелгун дандчӏвана, Гъодобери росу цӏунулаго. Гьесда кӏвана ахӏичӏого рачӏарал «гьалбадерил» кӏиго бронетехника тӏагӏинабизе. Гьеб къоялъ Болъихъ районалъул милиционераз чӏвана 13 хъачагъ.\n15 августалда тушман иргадулаб гьужумалде ана. Гьебмехалъ Дибирхӏажида, гьезде нахъеги лъугьун, гьезул 2 минометги 22 чиги тӏагӏинаризе кӏвана. Хъачагъаз гьесул бетӏералъухъ 25 азарго доллар кьезе бихьизабун букӏана. Радиоэфиралдасан гьез абулеб букӏана Дибирхӏажил бетӏер къотӏизе хасаб станок хӏадурун бугилан. Гьезие жавабалъе Дибирхӏажица, тушманги тохлъизавун, батӏи-батӏиял бакӏаздаса ваккун, гьезие кӏудияб зарал гьабулеб букӏана.\nМугӏрузул нохъабазда рахчун рукӏарал хъачагъазул 40 чи, жанире магӏу чвахизабулел алаталги рехун, къватӏиве кӏанцӏизавуна ва гьенивго тӏагӏинавуна. Гъодобери росдада гӏагарлъухъ ккараб рагъулъ, живго лъукъун вугониги, гьес захӏматаб ругъун щварав гьалмагъ нахъе вачана.\nРагъдаса хадув Дибирхӏажи Мухӏамадов Россиялъул МВДялъул академиялде цӏализе лъугьана ва, гьебги лъугӏизабун, 2008 соналдаса нахъе Москваялда гӏумру гьабун вуго.\nГъазаналипов Муртузагӏали (1964-1999) – Москваялъул метроялъул хӏалтӏухъан, Россиялъул Бахӏарчи. Гьавуна Болъихъ районалъул Гӏанди росулъ 1964 соналъул 10 февралалда. Канлъи дагьаб бугилан армиялда хъулухъ гьабизе Муртузагӏалие рес щвечӏо. Москваялде цӏализе арав гьесие битӏ ккечӏо ва гьенивго хӏалтӏизе лъугьана. Дагъистаналде хъачагъал кӏанцӏун ругилан хабар рагӏидал, гьев рокъове тӏадвуссана ва ополчениялъул кьеразулъе лъугьана. 1999 соналъул 2 августалда гьев захӏматго лъукъана ва къадаралде щвана.\n1999 соналъул 25 октябралда Гъазаналипов Муртузагӏалие кьуна Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар.\nНурахӏмаев Хӏажимурад (1979-1999) – Россиялъул Бахӏарчи.\nГьавуна 1979 соналъул 3 декабралда Болъихъ районалъул Ансалтӏа росулъ.\n1999 соналъул 11 августалда хъачагъал рачӏана Хӏажимурадил рокъоре. Рачӏун мехго балелде, гьелги тохлъизе гьарун, Хӏажимурадица гьезул цоясухъ букӏараб ярагъги босун, хъачагъазул ункъояв чӏвана. Кьвагьиялъухъе тӏаде щварал хъачагъаз гьевги чӏвана.\nРоссиялъул президентасул указалда рекъон, гьеб бахӏарчилъиялъухъ Нурахӏмаев Хӏажимурадие кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар.\nОрлов Андрей (1962-1999) – тӏоцебесеб классалъул рагъулав летчик, Россиялъул Бахӏарчи.\nГьавуна 1962 соналъул 6 июналда Махӏачхъалаялда. Цӏалана Витебскалда роржарухъабазул централда. 1993 соналда хъулухъ гьабизе вачӏана Северияб Кавказалъул жанисел ишазул аскаразде.\n1999 соналъул июлалдаса байбихьун, гьеб регионалда рагъулал буюрухъал тӏуралев вукӏана.\n1999 соналъул 11 августалда, экипажгун цадахъ, аскаразул нухмалъулелги рачун, МИ-8 вертолеталда Махӏачхъалаялдаса Агъвалире роржунаго, Болъихъе щолаго, хъачагъаз вертолеталде гьужум гьабуна ва гьеб бортизабуна. Цӏа рекӏараб гьелда жаниса киналниги къватӏире рахъинаризе, лъукъун вугониги, Андрейица хӏаракат бахъулеб букӏана. Амма гьеб лахӏзаталда щвараб цогидаб ракетаялъ гӏадамазе зарал гьабуна. Щварал ругъназул хӏасилалда Андрей Орлов хвана.\nРоссиялъул президентасул указалда рекъон, гьесие кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар.\nМурачуев Халид (1972-1999) – милициялъул взводалъул командир, Россиялъул Бахӏарчи. Гьеб цӏар Халидие кьуна хун хадуб – 2001 соналъул 31 январалда.\nГьавуна 1972 соналъул 11 январалда Кули районалъул Кули росулъ. Школаги лъугӏизабун, цӏалана Ульянов шагьаралда, росдал магӏишаталъул институталда. Армиялдаса хадув милициялде хӏалтӏизе лъугьана. Вукӏана взводалъул командирлъун. 1999 соналъул августалда гьев витӏана Новолак районалде хъачагъазде дандечӏей гьабизе.\nНоволак ва Казбек районазул ракь бихьулеб «Телевышка» борхалъиялда милициялъул хӏалтӏухъабазул къокъагун цадахъ гьесда тӏадкъан букӏана пост цӏунизе. 1999 соналъул 5 августалъул радал гьесда рихьана вышкаялде гӏагарлъулел гӏадамазул къокъа. Гьеб рагъулъ милициялъул хӏалтӏухъабазда кӏвана гьезул гьужум нахъчӏвазе. Басаев Шамилил къокъаялъ гьезде гӏарада балеб букӏана. Тушманас цоги нухалъ гьабуна гьужум, гьелда хадуб нахъеги. Сордо-къоялъ халатбахъараб рагъулъ гьитӏинабго къокъаялъ яргъид гӏуцӏарал хъачагъазе цере ине рес кьечӏо. Цоясда хадув цояв чӏвана Халидил гьалмагъзабиги. Къасиялде чӏаго хутӏана кӏигояв – Халид Мурачуев ва Мутей Гӏисаев. Радал мех щвезегӏан гьел кӏиязго Басаевасул чукъбузе бокьараб гьабизе течӏо, амма гьелги чӏвана. Хадуб, гьениса хъачагъал нахъе хъамидал, кӏиявго бахӏарчиясул жаназаби кодоре щвечӏо. Кверал, гъуждул рекарал, гӏакъуба кьун хвезарурал гьезул жаназаби ратана лъагӏалидасан.\nГӏисаев Мутей (1964-1999) — милициялъул взводалъул командир, Россиялъул Бахӏарчи. Гьеб цӏар гьесие кьуна хун хадуб – 2001 соналъул 31 январалда.\nГьавуна 1964 соналъул 5 маялда Новолак районалъул Новолакское росулъ. Школалдаса хадуб Каспийск шагьаралда СПТУги лъугӏизабун, армиялда хъулухъ гьабуна. Хӏалтӏизе лъугьана милициялде.\nНоволак районалъул «Телевышка» борхалъи цӏунизе тӏадкъараб милициялъул хӏалтӏухъабазул къокъагун цадахъ Мутей гӏахьаллъана гӏасияб рагъулъ. 1999 соналъул 5 августалъул радал тушбабаз байбихьараб гьеб гьужум тӏубараб сордо-къоялъ халатбахъана. Сордо рогьинегӏан хъачагъазде дандечӏейги гьабун, гьалмагъзабиги чӏван нахъе хутӏарал кӏиялго – Мутей Гӏисаев ва Халид Мурачуев радал тушбабазухъе щвана ва гьел, гӏакъуба кьун, хвезаруна. Бетӏер къотӏун, гвандиниве рехарав командирасул жаназаялде тӏаде хъачагъаз лъукъ-лъукъун, амма жеги чӏаго вугев Мутейги рехун, тӏаде ракь хъвана. Гьезул жаназаби ратана гӏицӏго 2000 соналъул 15 сентябралда.\nГьединаб къисмат ккана 1999 соналъул август-сентябралда ккараб рагъда, гӏумруялда барахщичӏого рагъарал Дагъистаналъул бахӏарзазул.\nАмма рагъ гьелдалъун лъугӏичӏо. Тушманасул квердаса хадусел соназдаги гӏумруялдаса ратӏалъана анцӏ-анцӏ бахӏарзал. Гьезда гьоркьор руго Ватӏаналъе гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе ва бихьизабурб бихьинчилъиялъе гӏоло Россиялъул Бахӏарзаллъун рахъарал дагъистаниял:\n1. Аскеров Аскер (1980-2005) — Буйнакск район, Халимбегаул росу.\n2. Илясов Арзулум, полковник (1953-2005) – Казбек район, Гуни росу.\n3. Къурбанов Гӏабдулхаликъ (1978-2004) – Цӏунтӏа район, Бежтӏа росу.\n4. Гӏабдурахӏимов Мухӏамадшамил (1980-2005) — Махӏачхъала.\n5. Гӏумаров Мухӏамад (1947-2005), генерал-майор – Лаваша район, Мекеги росу.\n6. Гӏусманов Мухӏамад (1972-2007) – Сергохъала район, Гамри росу.\n7. Мухӏамадтӏагьиров Гӏадилгерей, генерал-майор (1956-2009) – Гъуниб район, Гьонода росу.\n8. Мухӏамадов Гӏабдулмалик, майор (1960-2008) – Гъарабудагъкент район, Губден росу.\n9. Мухӏамадов Ахӏмад, полковник (1962-2010) – Чӏарада район, Рилъаб росу.\n10. Подвальный Сергей, кӏудияв оперуполномоченный (1967-2005) – Махӏачхъала.\n11. Сулейманов Мухтар, старшина (1980-2004) — Цӏунтӏа район, Бежтӏа росу.\n12. Халикъов Радим, капитан (1970-2003) – Сулейман-Стӏал район, Ортӏа-стӏал росу.\n13. Хӏажиев Гъапал (1976-2010), подполковник – Махӏачхъала.\n14. Хӏажиев Хӏайдархан, генерал-майор (1954-2001) – Хунзахъ район, Харахьи росу.\n1999 соналъул августалда чачаназул ракьалдаса Дагъистаналде хъачагъал кӏанцӏиялъул хӏасилалда кӏудияб зарал ккана Цӏумада, Болъихъ, Новолак, Буйнакск районазул 48266 чиясе, 32 росдае, чӏвана 129 ва лъукъана 379 чи ва гьединго 45 милициялъул хӏалтӏухъангун 18 ополченец. 30 азаргоялдаса цӏикӏкӏун дагъистанияв хӏажатавлъун ккана, жидерго рукъзалги рехун тун, къватӏире ине.\n1999 соналда республикаялъул 38 районалда ва 10 шагьаралда гӏуцӏун букӏана, гӏаммаб куцалда, 26124 чи гъорлъ вугеб, росабигун ва шагьарал цӏуниялъул къокъаби.\nГьеб рагъул аслияб дарслъун нилъее кидаго буго Дагъистаналъул халкъазул тушманасде данде цолъи. Нилъер халкъалъ бихьизабуна ватӏан бокьиялъул тӏадегӏанаб мисал. Гӏолеб гӏелалда гьеб бичӏчӏизаби буго жакъасеб къоялъул аслиял масъалабазул цоябги.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "5387-tsiumada-rajonal-90-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5387-tsiumada-rajonal-90-son", "title": "Цӏумада районалъ — 90 сон", "date": "2019-08-13 11:56:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏумада районалъул тарих\nЦӏумада район тӏибитӏун буго Кавказалъул мугӏрузул Бакъбаккул рахъалда ругел ралъдал гьумералдаса 3000 метралъул рорхалъабазда. Республикаялъул Югалъулабгун бакъбаккул бутӏаялда, Гӏанди гӏурул рагӏаллъиялда, Богоссалъул щобазул рорхалъабазда ва жанирлъабазда тӏибитӏун бугеб Цӏумада районалъул гӏатӏилъи бащалъула 1178 квадратияб километралда. Гьабсагӏаталда районалда гӏумру гьабулеб буго 25 азаргогӏан чияс. Район тун къватӏиб республикаялъул районаздагун ва шагьаразда. Россиялъул регионазда гӏумру гьабулел цӏумадисезул къадар бахуна 110 азарго чиясде.\nЦӏумада районалъул гӏорхъи буго Гуржиялъулгун, Чачаналъулгун, Болъихъ, Шамил, Лъаратӏа, Гӏахьвахъ ва Цӏунтӏа районазулгун.\nРайон бечедаб буго тарихиял, тӏабигӏиял ва минералиял памятниказдалъун. Ралъдал гьумералдаса 4151 метралъул борхалъи бугеб Гӏадаласул Шулъел мегӏер, гучал рохьал, лъарал, чвахаби, Инхокъвари ва цогидалги минералиял иццал. Къокъго абуни, Бетӏергьанас гьарзаго кьун буго цӏумадисезе гьайбатаб тӏабигӏаталъул беричаб ва баракатаб ракь.\n10 — 11 августалда цӏумадисез кӏодо гьабулеб буго район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай.\nЮбилеялъул программа\n10 август\n9.00 — 9.40 — Гьалбадерида дандчӏвай.\n10.00 — Цӏумада районалъ 90 сон баялъул ва яргъид гӏуцӏарал щущахъ риххизариялъ 20 сон баялда бан данделъи.\n12.00-14.00 — миллиял майданал, спортивиял турнирал, къадеквен, концерт.\n14.00 – Совет Союзалъул Бахӏарчи Къади Абакаров ракӏалдещвеялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тӏолгороссиялъул турнир рагьи.\n17.00 – Гьалбал тӏоритӏи.\n11 август\n9.00-16.00 – Соревнованиял. Бергьаразе шапакъатал кьей.\nГьеб тадбир тӏобитӏараб куцалъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго хадусеб номералда.\nЦӏумада районалъул тарих\n(1928 сон – центр Агъвали, 1932 сон – центр Цӏумада росу, 1936 соналдаса нахъе центр Агъвали росу).\nЦӏумада кантон гӏуцӏана 1926 соналда гӏуцӏун букӏараб Эчеда районалда ва цо бутӏа Гӏанди округалда гьоркьоре унел рукӏарал ракьаздаса ДАССРалъул ЦИКалъул VI ахӏиялъул 4 сессиялда гьабураб хӏукмуялда рекъон 1928 соналъул 22 ноябралда.\n1929 соналъул 3 июналда гьабураб ВЦИКалъул хӏукмуялдалъун кантон сверизабуна районалде.\n1963 соналъул 1 февралалда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Цӏумада район сверизабуна росабазулаб район абун. Гьезулго хӏукмуялдалъун 1965 соналъул 12 январалда цебе букӏахъе Цӏумада районалде сверизабуна.\nРайон гӏуцӏаралдаса\nнахъе ккарал хиса-басиял\n1. 1930 соналъул 25 декабралда гьабураб ВЦИКалъул хӏукмуялдалъун Цӏумада районалда гьоркьоса цо-цо росабазул советал Цӏунтӏа районалда гъорлъе кьуна.\n2. 1944 соналъул 7 июналда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун Цӏунтӏа ва Шарой районал къаялдалъун гьезул рукӏарал ракьал, росаби Цӏумада районалде цолъизаруна.\n3. 1951 соналъул 25 сентябралда гьабураб ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун Гӏахьвахъ районалда гьоркьоб букӏараб Гьимерсо росдал совет Цӏумада районалда гьоркьобе рехана.\n4. 1951 соналъул 6 марталда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Цӏумада районалда гьоркьоб букӏараб Кидеро росдал совет Лъаратӏа районалда гьоркьобе кьуна.\n5. 1955 соналъул 15 октябралда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Цӏунтӏа районалъул букӏараб ракь нахъбуссинабуна цӏидасан гӏуцӏараб Цӏунтӏа районалъухъе."}
{"slug": "5389-tsiodorl-i-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5389-tsiodorl-i-gabe", "title": "Цӏодорлъи гьабе", "date": "2019-08-13 12:00:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кантӏулел гьечӏо\nЖакъа къоялде щвезегӏан гъанкъун вуго 22 чи\n6 августалда Дагъистаналъул Хӏукуматалъул председатель Артем Здунов дандчӏвана батӏи-батӏиял районазул ва исполнительниял органазул вакилзабигун. Гьоркьоб лъун букӏана лъималазе лъадалъ кколеб бугеб заралалъул хӏакъалъулъ суал. Гьелъие гӏиллалъунги букӏана жакъа къоялде щвезегӏан лъелъ 22 чи гъанкъун вукӏин, гьезда гьоркьоса — 11 лъимер.\nАртем Здуновас кӏвар кьуна чвердеялъул заман жеги лъугӏун гьечӏолъиялде ва лъадалъ хӏинкъигьечӏолъи чӏезабизе ккеялде.\n— Гьеб суалалда тӏад ургъизе ва цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе ккола МЧСалъги, Лъайкьеялъул министерствоялъги, районазги, жамагӏалъги,- ян абуна гьес.\nДандеруссиналъул гӏахьалчагӏаз бицана, кинаб хӏалтӏи гьабуниги, хӏинкъигьечӏолъи цӏунун бажарулеб гьечӏолъиялъул. Лъимал ва чӏахӏиял гъанкъулел руго ралъдахъги, хӏорахъги, чвахелабаздаги, каналаздаги. Аслияб гӏиллалъунги буго гьукъараб бакӏалде чвердезе ин, гьенире лъимал жалго риччай. Аскӏор ругонигицин, эбел-эменги тохлъулел руго.\nМЧСалъул министр Нариман Гъазимухӏамадовас бицана республикаялда гьеб рахъалъ гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал бугин, хӏалтӏи кколеб даражаялда гӏуцӏун гьечӏезда гъорлъ рехсана Гъарабудагъкент ва Бабаюрт районал. Гьесул рагӏабазда рекъон, хӏинкъигьечӏолъиялъул хӏалтӏи хашго гӏуцӏун буго Казбек районалъул Сулахъ къварилъиялдаги. Гьенир гьечӏо туристазе хӏухьбахъиялъе чӏезарурал санагӏатал шартӏал. Гӏисинал гуми чӏезе бакӏгицин гьечӏо гьениб.\nРеспубликаялда хӏисабалде босун буго кинабниги 105 пляж ва хӏухьбахъулеб бакӏ. Халгьабиялъул хӏасилазда рекъон, хӏалтӏизе изну кьуна гӏицӏго 12-ялъе.\nГӏадамазда гьоркьор тӏоритӏулел руго бичӏчӏикьеялъулал хӏалтӏаби. «Лъедезе ругьун гьаре» абураб акциялда рекъон, ясли-ахазда ва хӏухьбахъиялъул лагеразда кьун буго 99 дарс.\nМахӏачхъала, Каспийск, Избербаш ва Дербент шагьаразда тӏоритӏана «Лъелъ хӏинкъигьечӏолъиялъул къоял». Гьезда малъана лъедезе, гъанкъулел хвасар гьаризе, гьезие медицинаялъулаб кумек гьабизе. Пляжазда гьединго лъун руго хвасар гьариялъул посталги. Гьединго гӏуцӏун руго гӏолилал гӏадамал хвасар гьаризе цӏализариялъул хасал курсалги, гьарун руго гьезулгун къотӏи-къаялги.\nАртем Здуновас республикаялъул Туризмалъул министерствоялда тӏадкъана лъадалъ хӏинкъигьечӏолъиялъул рахъалъ хасаб программа хӏадур гьабизе."}
{"slug": "5392-k-urban-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5392-k-urban-bajram", "title": "Къурбан байрам", "date": "2019-08-13 12:03:51", "categories": ["history"], "text": "Хӏурматиял магӏарулал!\nБаркула нужеда тӏаде щвараб бусурбабазул бищунго хириял байрамазул цояб Къурбан къо. Гьарула нужер хъизан-лъималазе, гӏага-божаразе, гьудул-гьалмагълъиялъе лъикӏабщинаб. Ракӏал иманалъул цӏеги, рукъ баркат-рахӏматалъул цӏеги, хъураб Къурбанги азариде бахинабеги Аллагьас нужер. Балагьал рикӏкӏалъаги нужедаса, гӏазабазда нухал къосаги нужер гъасде. Гьабунщинаб лъикӏаб гӏамалги садакъаги къабул гьабеги Тӏадегӏанас нужер. Хӏарамабщиналдаса квер рикӏкӏалъаги. Сахаватлъиялде нух кӏочонгеги. Нужер пикрабазеги даимаб рогьел, анищазеги тӏубай гьарула. Лъималазул рухӏел киданиги бихьугеги эбел-инсуда. Гьезул адаб бугеллъун лъугьаги лъималги.\nЛъикӏаб гьабизе, квешаб тезе тавпикъ кьеги нуж киназего."}
{"slug": "5439-rachia-khialtiize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5439-rachia-khialtiize", "title": "Рачӏа хӏалтӏизе!", "date": "2019-08-15 17:06:37", "categories": ["kultur"], "text": "Гумбет районалъул Аргъвани росдал гьоркьохъеб школалда къваригӏун руго учительзаби\nАргъвани росдал школалда хутӏун вуго 3-5 цӏалдохъан. Хӏинкъи буго школа къазе ккеялъул. Школа къараб мехалда хутӏуларо росулъ гӏолилал ва рес буго гӏасрабазул тарихалъулгун маданияталъул рахъалъ бечедаб росу тӏубанго биххизе. Гьединлъидал, Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулел Аргъвани росдал гӏадамаз хӏукму гьабуна жидерго лъимал магӏарухъе ритӏизе. Росулъ гӏуцӏулеб буго интернат. Гьабсагӏаталда гьечӏо росдал школалда хӏалтӏизе учительзаби. Школалъул дирекциялъ меценаталгун къотӏи гьабун буго республикаялдаса бищун лъикӏал учительзаби ахӏизе гӏагараб росдал школалда хӏалтӏизе.\nЖакъа къоялда Аргъвани росдал школалъе хӏажат руго гьадинал учительзаби:\n— ингилис мацӏалъул\n— физикаялъул\n— информатикаялъул\n— историялъул ва обществознаниялъул\n— химиялъул\n— биологиялъул\n— гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул\n— математикаялъул.\nАргъваниве хӏалтӏизе вачӏарав учителасе (ахӏулел руго бищунго лъикӏал махщелчагӏи) чӏобого чӏезабизе буго къойида жаниб лъабцӏул тӏагӏамаб квенги, жанир рукӏине рукъзалги, 35 азарго гъурщил моцӏрол харжги.\nЛъикӏал шартӏалги ругеб цӏалдохъабиги дагьаб школалда хӏалтӏизе гъира бугев чи кӏалъай гьаб телефоналде: 8-928-556-18-06 (Хӏамзат Жамалудинов)."}
{"slug": "5468-rakalda-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5468-rakalda-l-alkial", "title": "Ракьалда лъалкӏал", "date": "2019-08-19 13:04:19", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Талихӏал къоял\nСагӏидова Шагьрузатица 90 сон тӏубаялде\nДир букӏана анкьго сон тӏоцее берцинай чӏужугӏадан Шагьрузат Сагӏидова йихьараб мехалъ. Гьей йикӏана киналго росдал руччабаздаса батӏияй, ретӏа-къаялъул рахъалъги, кидаго гьимун гурони кӏалъангутӏиялъги, ниж лъималазде букӏараб батӏияб хӏеренлъиялъги. Гьей дида гӏемер йихьулаан тӏугьдузул квацӏигун, цадахъ батӏи-батӏиял шагьаралдаса рачӏарал гӏадамазул къокъабигун. Нижер минаялда Фазу Гӏалиевалъул гьалмагъин абулаан гьелда.\nГьелъул яс Асиятги дунги цӏалулел рукӏана цо классалда. Дун йохулаан эбел-инсуца гьезул дое йиччаялдаса. Дида киданиги йихьичӏо гьей хӏалтӏи гьечӏого. Шагьрузат гӏемер цӏалдолаан, юкъарулаан, цо щиб бугониги хьухьуней ятулаан. Нижее – лъималазеги гьарулаан гьелъ гӏемерал пайдаял малъа-хъваял. Ригьалъ кӏудияй йигониги, нижер минаялда бищун берцинайги йикӏана гьей. Ракӏалде кколаан дунги гьелда релълъарай йикӏинин.\nШагьрузат хӏалтӏана Гъуниб районалъул Кӏогьориб школалда, ВЛКСМалъул Обкомалда ва 25 соналъ хӏалтӏана Хьаргаби КПССалъул райкомалъул секретарьлъун.\nГьал къоязда гьелъ тӏубана 90 сон. Шагьрузатида юбилей баркизе дунги ана газеталъул редакторасул заместитель Зикрула Илясовгун цадахъ. Ракӏалдаго гьечӏого рачӏарал гьалбадеридаса йохана Шагьрузат. Ракӏалде щвезабуна партиялъул хъулухъалда араб гӏумруги хӏалтӏулъ дандчӏварал захӏмалъабиги. Бицана кинал гӏарзалгун, суалалгун гьелъухъе гӏадамал рачӏунел рукӏаралалиги. Газет-журналалдехун жиндирго бугеб рокьулги, «Хӏакъикъат» газеталъул гьабулеб къиматалъулги Шагьрузатица разиго бицана нижеда:\n— Гьеб букӏана 1944 рагъул сон. Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъ анкьабилеб класс лъугӏарай дун инсуца йитӏана Махӏачхъалаялде руччабазул педагогияб институталде цӏализе.\n15 сон барай квергӏанасей яс кие дуца йитӏулей йигеян дандечӏун йикӏана эбел. Инсуца гьелда бичӏчӏизабуна яс гьанжего букӏинесеб гӏумруялде хӏадуризе кколин. Гьесул рагӏуда тӏад кӏалъазе эбелалдаги кӏвечӏо.\nДоб заманалда дир эмен вукӏана тӏоцересел дагъистаниял-учительзабазул цояв.\n1924 соналда гьесул хӏаракаталдалъун рагьана цӏияб школа Къахӏиб районалъул (гьанжесеб Шамил район) Тӏелекь росулъ. Дида рокъоб бицунеб рагӏулаан кинаб захӏмалъиялда гьес школа рагьарабали. Доб заманаялъ школалде лъимал риччаларин, гьел капурлъулин абулаан. Инсуда лъикӏ лъалаан гӏараб мацӏ. Гьес Къуръан цӏалулеб бихьун ва мацӏ лъалеб букӏиналъ гӏемерал херал чагӏаз байбихьана гьесул адаб-хъатир гьабизе ва дагь-дагьккун лъимал школалде ритӏизе. Гьелдаса хадуб гӏемерал соназ инсуца директорлъи гьабуна батӏи-батӏиял школазда.\nКӏоченчӏо гьев ва гьес гьабураб хӏалтӏи. Гъоркьиса 7 октябралда Кӏогьориб росулъ тӏобитӏана школалъ 90 сон тӏубаялъул байрам, кьуна школалъе дир инсул — Сагӏит Мухӏамадовасул цӏар. Гьанже гьенив вугев директор Жамалудин Ахӏмадовас кӏудиб материал бакӏарун бугоан инсул ва дир гӏумрудул хӏакъалъулъ. Школалъул къеда бан бугоан инсул сурат бахъараб хъарщи.\nИнститут лъугӏун ячӏарай дун хӏалтӏана школалда, амма гьениб заман бахъилалдего тӏамуна районалъул комсомолалъул секретарьлъун. Гьел рукӏана 1950-1955 сонал. Хадуй тӏамуна ВЛКСМалъул Обкомалъул пионеразул ва школалъул лъималазул заведующаялъун. Гьенисанги дун ана цӏализе Сталинградалъул партиялъул тӏадегӏанаб школалде. Гьенийги цӏалана ункъо соналъ, 1960 соналде щвезегӏан.\nПартиялъулаб школа лъугӏун хадуй дун йитӏана Хьаргаби партиялъул райкомалъул секретарьлъун хӏалтӏизе, хӏалтӏана 1985 соналде щвезегӏан.\nГьел соназ дица нухмалъи гьабулеб букӏана идеологияб хӏалтӏуе. Унаан росабалъе, районалъул фермабазде, школазде, бригадабазде. Гьенир гьарулаан гӏемерал дандчӏваял. Дирго кӏалъаязда аслияб кӏвар буссинабулаан гӏадамазул лъай борхизабиялде. Хасго руччабигун гӏемер дандчӏвазе кколаан, ахӏулаан гьел нижехъего, политикиябгун магӏишатияб гӏумруялде гьоркьоре цӏалаан. Гӏуцӏана руччабазул хасаб клуб. Гьенир зама-заманалдасан данделъулаан ва цере лъолаан хъизамалъулги, жамгӏияталъул гӏумруялъулги, лъималазе тарбия кьеялъулги суалал. Доб мехалъ нижеца Хьаргаби тӏобитӏана кӏудияб руччабазул байрам Октябралъул хӏуригаталъ 50 сон бай кӏодоги гьабун. Гьенире рачӏун рукӏана сверухъ ругел районазул вакилзабиги. Киналго рохун рукӏана гьение Фазу Гӏалиева ячӏиналдасаги, гьелъ бицараб гӏакъилаб рагӏудасаги, цӏаларал кучӏдуздасаги.\nГьелдаго цадахъ гӏемер тӏоритӏизе байбихьана батӏи-батӏиял данделъаби, «Ахбазаналъул байрам», «Меседил хасел» ва цогидалги вечерал. Дун унаан районалъул хъутабазде, магӏарде, дояркабазухъе, гӏухьбузухъе.\nЧанго соналъ тӏатӏалаго Хьаргабире практикаялде рачӏунаан Патрис Лумумбал цӏаралда бугеб Университеталъул студентал. Гьезулгун гьарулаан хасал дандчӏваял, тӏоритӏулаан гьудуллъиялъул концертал, рачунаан берциналщинал бакӏал рихьизаризе. Аслияб къагӏидалъ дица гьабулаан гьезулгун хӏалтӏи. Гьеб хӏалтӏудаса рази вукӏарав гьезул нухмалъулес хас гьаюн дун ахӏана университеталъул ректорасухъе Москваялде ва дие Хӏурматалъул грамота кьуна.\nДоб заманалда ясал цӏализе риччаялъул суал букӏана цӏакъго захӏматаб. Росу тун къватӏире ясал ритӏиларин лъугьунаан умумул. Школазда гӏолел рукӏинчӏо руччабазул кадраби. Чанги рачӏунаан ясал нижехъе гӏарзалъ инсуца цӏализе риччалел гьечӏин абун. Дун унаан ясазул умумухъе, хас гьабун кӏалъай гьабулаан, бичӏчӏизабулаан ясалги цӏализе ритӏизе кколин. Цӏакъго умумул мукӏурлъулел гьечӏони, гьеб суал босулаан хас гьабун жамагӏаталъул собраниялде. Кин бугониги, нижехъа бажарулаан ясал цӏализе ритӏизе умумул мукӏур гьаризе. Гьедин чанго яс ана цӏализе. Хадур дихъе студентаз ритӏун рачӏунаан баркалаялъул кагътал.\nГӏемер рачӏунаан рос-рукъалъул суалалгун. Вокьарасе кьолей гьечӏин, яги йокьарай ячине толей гьечӏин. Щибаб нижехъе бачӏараб суал тӏубазабиялда тӏад хӏалтӏулаан дун.\nГӏумру унеб буго, дун йиго гьанже хӏурматияй пенсионер. Минаялъул азбаралъуе яхъун, гӏага-божаралгун кӏалъан йикӏуна.\nГьаб ахираб заманалда бищун рекӏелъ къараб жо буго, кие ялагьаниги, магӏарулаз гӏурус мацӏ бицунеб букӏин. Битӏун абуна Расул Хӏамзатовас: «Метер магӏарул мацӏ хвезе батани, хваги дун жакъаго жаниб ракӏ кьватӏун!» абун.\nКъанагӏалъун руго, жал магӏарулал ругониги, мадугьалихъги рахьдал мацӏ бицунел чагӏи. Гьелъие гӏилла щиб, гӏайибияв щив абун гьикъани, дица абила эбел-эмен ругин. Гьез лъимер гьабураб къоялдаса рокъоб бицунеб буго гӏурус мацӏ. Цебе умумуз рокъоб бицунеб букӏана рахьдал мацӏ — цоги киса кибго бицунеб букӏана гӏурус мацӏ. Жакъайин абуни киназго бицунеб буго гӏурус мацӏ, руго магӏарулал жидеда цогӏаги рагӏи рахьдал мацӏалда лъаларелги. Цо-цоял чӏола магӏарул мацӏ цӏакъго захӏматаб бугилан. Мунагьал чураяв, Унсоколоса Хьаргабив хӏалтӏулев вукӏарав партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарь Мухӏамад Гьиматовас абулаан магӏарул мацӏалдаса бечедабги бигьаябги мацӏ гьечӏилан. Битӏарабги буго! Нилъ чӏухӏизе ккола мацӏалдасаги миллаталдасаги. Магӏарулазул къадар Дагъистаналда буго бищун цӏикӏкӏун. Нилъеда тӏадаб буго мацӏ цӏунизеги. Школалда кьолеб цо-кӏиго дарс цӏакъ дагь буго, умумуз рокъоб бицинчӏони, гьеб тӏагӏине букӏин хӏакъаб буго.\nМагӏарул мацӏ бицунаго унел эбел-лъимал рихьигун, гьел чӏезеги гьарун, дица баркала кьола рахьдал мацӏ бицунелъухъ. Нилъ чӏахӏияз берцин бицине, малъизе лъикӏаб буго гӏун бачӏунеб гӏелалда мацӏ кӏочене тогейин. Гӏурус мацӏ лъачӏого хутӏуларо шагьаралда. Гьеб киса-кибго бугелъул. Магӏарул мацӏин абуни буго эбелалъул рахьдада цадахъ нилъее рокьигун кьураб.\nДица цӏалулеб «Хӏакъикъат» газеталда гӏемерал рукӏуна мацӏ цӏуниялда хурхарал, лъикӏал художественниял, ракӏалдещвеялъулал макъалаби. Гьеб лъикӏаб хӏалтӏи жеги цӏикӏкӏинабиялда тӏад хӏалтӏизе бокьилаан гьелъул мухбирзаби.\nДун йиго кидаго газета хирияй, мухъ течӏого гьеб цӏалулей, «Багӏараб байрахъ» букӏаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан гьеб дирго гьудуллъун ккурай чӏужу.\nЦебе букӏаралдаса газета кьучӏдасанго хисун буго. Гьелъ жанире рачун руго гӏемерал суалал: жанисеб, къватӏисеб ахӏвал-хӏал, хъизам-лъимал, рукӏа-рахъин, тарих, литератураялъул макъалаби. Кӏочон гьечӏо сахлъиялъулги, районаздасаги харбал, гьитӏичазе гьурмал…\nДие бищунго бокьула культураялъул, искусствоялъул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби. Бокьилаан, такрар гьаруни, Махӏмуд Гӏабдулхаликъовасул, Патӏимат Хизроевалъул, Сидрат Мажидовалъул ва цоги артистазул хӏакъалъулъ цӏализеги. Цере гьезулгун лъикӏал дандчӏваял рукӏунаан, хӏурматги кӏудияб букӏунаан. Кире рачӏаниги, гьез росуго бохизабулаан.\nБукӏана нилъер моралияб кодекс абураб хъвай-хъвагӏай. Лъикӏаб букӏинаан лъималазе гьел суалазул бицани. Кӏудияв чи вачӏингун тӏаде рахъине ккеялъул, салам кьезе лъикӏаб букӏиналъул, лъикӏал гӏадатазул, гӏадатиял гӏадамазул хӏакъалъулъги.\nКин бугониги, кӏудияб баркала буго киналго газеталъул хӏалтӏухъабазе аслиял тарихал, дун гӏадал чагӏи кӏочонгутӏиялъухъ. Дие цӏакъ кӏудияб рохел букӏана нуж дихъе рачӏин. Гӏемерал ратила дунго гӏадинал. Дие бокьилаан нужеца гьезулги хъвани. Дица баркала загьир гьабулеб буго нужер хӏалтӏухъабазе, дирги, нижер росуцоязул ва лъималазул рахъалдасанги.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "5469-tsiiyab-zakon", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5469-tsiiyab-zakon", "title": "Цӏияб закон", "date": "2019-08-19 13:11:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Квалквал гьабуразе — уголовияб тамихӏ\n6 августалдаса хӏалтӏизе байбихьана Россиялда хехаб кумекалъул машинаялъе нух биччачӏел яги тохтурзабазул хӏалтӏуе квалквал гьабурал гӏадамал уголовияб тамихӏалде цӏалел законал.\nХехаб кумекалъул машинаялъе нух биччачӏел водителазда гьанжелъизегӏан 500 гъурущ гӏакӏа къотӏулаан, гьанжеялдаса нахъеян абуни 5000 гъурущ гӏакӏа къотӏизе буго ва гьединго 3-12 моцӏалъ машина бачиналъул ихтияралдаса махӏрум гьаризе руго.\nНагагь хехаб кумекалъул машина цебехун биччачӏолъиялъ тохтурзабазул хӏалтӏуе квалквал ккун батани ва гьелдалъун унтарасул сахлъиялъе зарал ккани, машинаялъе нух биччачӏев водителасда 80000 гъурущ гӏакӏа къотӏизе ва гьединго кӏиго соналъ эркенлъиялдаса махӏрум гьавизе бихьизабун буго цӏияб законалда рекъон. Нагагь хехаб кумекалъул машинаялда вукӏарав кумек хӏажатав унтарав хвани, гьесие нух биччачӏев водитель ункъо соналъ колониялда туснахъ гьавизе рес буго.\nМедицинаялъул хӏалтӏухъабазул сахлъиялъе зарал гьабуралъухъги гӏакӏа къотӏизе буго, зарал гьабурав кӏиго соналъ эркенлъиялдаса махӏрумлъизецин рес буго. Тохтурасе чӏвазе вугин хӏинкъи кьуралъухъ яги гьесул сахлъиялъе кӏудияб зарал гьабурав щуго соналъ туснахъ гьавизе бегьула."}
{"slug": "5470-rajonal-90-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5470-rajonal-90-son", "title": "Районалъ — 90 сон", "date": "2019-08-19 13:13:59", "categories": ["barkiyal"], "text": "Цебетӏеялъул ва ракълил нухда\n10 августалда Цӏумада тӏобитӏана рохалилаб байрам\nАраб шамат къоялъ Цӏумада кӏодо гьабуна район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубаялъул юбилеялда, цадахъго халкъазда гьоркьосел террористазул къокъаби щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тӏубайги.\nРацӏцӏадал къватӏал, батӏи-батӏиял игӏланаз берцин гьарурал минабазул къадал, къватӏахъан гьелчолеб гӏалам — битӏахъе мугӏрузда бугеб гьитӏинабго шагьаралда релълъун букӏана гьеб къоялъ байрамалде къачӏараб районалъул центр Агъвали.\nЦӏумадисезда юбилей баркизе бетӏералда районалъул нухмалъулелгун рачӏун рукӏана мадугьалихъ ругел Гӏахьвахъ, Цӏунтӏа ва Болъихъ районаздаса вакилзаби, гӏагараб ракь тун къватӏир гӏумру гьабун ругел районцоял, Махӏачхъалаялдаса ва цогидал шагьараздасагун районаздаса цӏумадисезул гьалбал ва гьудул-гьалмагъзаби. Республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдаса байрамалде рачӏаразда гьоркьор рукӏана республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Дагъистаналъул бетӏерасул мугӏрузул округалда вугев вакил Мухӏамад Камилов, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул цо-цо депутатал, Жамгӏияб Палатаялъул членал ва цогидалги. Гьалбадерида гьоркьов вукӏана цӏумадисезул дурц, жиндир хӏалтӏул тӏоцересел галаби Гъоркьа Гьаквари росдал школалда учительлъун, хадув гьенивго школалъул директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав, Дагъистан Республикаялъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевги.\nРайоналъул культураялъул кӏалгӏаялда тӏобитӏараб рохалилаб данделъиялда тӏаде рачӏарал гьалбадерие саламги кьун, баркалаги загьир гьабун, Цӏумада районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас гӏатӏидго бицана Цӏумада районалъул тарихалъул, гьелъ нахъа тараб нухалъул, культураялда, социалияб рахъалда ва экономикаялда ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ. А. Вечедовас цӏар-цӏарккун рехсана районалдаса рахъарал машгьурал гӏалимзаби, росдал магӏишаталъул церехъаби, культураялъул ва спорталъул хӏаракатчагӏи. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъи гьабуна нус-нус цӏумадисез, гьел чӏухӏула бергьенлъиги босун танкалда тӏад лезгинка кьурди гьабурав Эчеда росулъа Совет Союзалъул Бахӏарчи Къади Абакаровасдаса ва цогидалги рагъул гӏахьалчагӏаздаса.\n— Умумузул бахӏарчиял ишазе ритӏухъал рукӏин бихьизабуна цӏумадисез 1999 соналъул августалда районалда тӏаде кӏанцӏарал хъачагъазде данде рагъулагоги, — ян абуна А. Вечедовас. Чачаналдаса Цӏумада районалде буго автомашинаялъул цохӏо нух, гьебги Гьигьалъ росулъан. Тӏолабго росу бахъана ахӏичӏел гьалбал нахъчӏвазе. Бетӏералда росдал ополченцазул командир Мухӏамад Зулхӏужевгун хъачагъазда кьаби щвезабуна ва гьел районалъул ракьалде риччачӏо. Эчедасан райцентралде рачӏунел хъачагъал, Дача абулеб бакӏалда рагъулаб дандечӏейги гьабун, церехун риччачӏо милициялъул хӏалтӏухъабаз. Ккана гьенир камиялги. Гьезул цӏарал нилъеда кидаго кӏочене бегьуларо. Гьел захӏматал къояз, тӏолабго Дагъистаналъул халкъалъго гӏадин, бихьизабуна бахӏарчилъи, гъунки, Дагъистан ва дагъистаниял россиялъулал рукӏин, гьеб цӏунизе кидаго хӏадурал рукӏин.\nЦӏумадисезул байрамги баркун, Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасул барки цӏалана республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул бетӏер Владимир Ивановас. Баркиялда лъикӏаб къимат кьун букӏана росдал магӏишаталда, лъай кьеялда, сахлъи цӏуниялда, гӏадамазул рукӏа-рахъин цебетӏезабиялда, налогал ракӏариялда районалъ рихьизарулел ругел хӏасилазе ва хӏаракатчилъиялъе. Гьеб киналдаго нахъа буго гӏадатиял гӏадамазул ва бакӏалъулаб нухмалъиялъул кӏвахӏ гьечӏеб захӏмат.\nКӏалъазе вахъарав Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевас абуна: «Тӏасияб соналда 100 сон тӏубала Дагъистаналъе автономия кьуралдаса. Гьеб тарих кӏодо гьабизе нилъее рес щвелароан нилъер конституциялъулаб гӏуцӏи хвезабизе къого соналъ цере хъачагъазда кьаби щвезабун гьел щущазарун рукӏинчӏелани. Дол къояз аслиял бахӏарзаллъун рукӏана гӏадатиял захӏматчагӏи, ополченцал, милиционерал, солдатал ва журналистал».\nХӏакъикъияб къимат кьуна М. Гӏалиевас доб мехалда лъугьун букӏараб ахӏвал-хӏалалъе.\nЧачаназул хъачагъал Дагъистаналде тӏаде кӏанцӏизе хӏадурлъулел рукӏин лъалеб букӏаниги, федералиял хъулухъалъул аскариял ва гӏорхъи цӏунулел Дагъистаналъулги Чачаналъулги гӏорхъабаздаса нахъе рачин федералияб централъул гӏайибги гъалатӏги букӏиналда цадахъго гьев мукӏурлъана Карамахьи мухъалда лъугьунеб бугеб хӏалалъе республикаялъул нухмалъиялъ рукӏине кколел тадбирал гьаричӏолъиялъеги.\nГьеб киналъулго хӏасил гьабизе ва хӏисабалде босизе ккола, щайгурелъул жакъа къоялдаги расги лъикӏаб хӏал гьечӏо Северияб Кавказалда. Киназего гӏакълуги тавпикъги кьеги халкъазда, миллатазда гьоркъоб рекъел ва гьудуллъи цӏуниялъеян абуна М. Гӏалиевас.\nГьигьалъ росдал ополченцазул ротаялъул командирлъун вукӏарав Ахӏмадпаша Гӏамирилаевас абуна: «Нижеца лъиданиги цебе бетӏер къуличӏо ва къулизе гьечӏо, гьедин букӏине буго кидаго. Нагагь хӏажалъи ккани, ниж киналго къватӏире рахъине руго, батӏияб Ватӏан нижер гьечӏо».\nБаркиялъулал кӏалъаялгун цере рахъана Гӏахьвахъ ва Болъихъ районазул бутӏрул Мухӏамадзагьид Муслимов ва Мухӏамад Патхӏулаев, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул председатель Гӏалиасхӏаб Хархачаев ва цогидалги.\nБайрамалъулаб данделъиялда росдал магӏишаталда, культураялда, лъай кьеялда, сахлъи цӏуниялда рихьизарурал лъикӏал хӏасилазухъ республикаялъул ва районалъул нухмалъиялъул цӏаралдасан шапакъатаздалъун ва грамотабаздалъун кӏодо гьавуна чанго чи. Культураялъул хӏалтӏухъан, машгьурай кочӏохъан Хадижат Хӏусейновалъе кьуна «Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абураб цӏар, «Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав учитель» абураб цӏар кьуна Хуштада росдал школалъул учитель Исмагӏил Хӏанаповасе, «Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏар кьуна райбольницаялъул тохтур Патӏимат Хӏажиевалъе. Инхокъавари росулъа шагӏир Сабигат Мухӏамадовалъе кьуна «Дагъистаналъул халкъияй шагӏир» абураб цӏар.\nГьалбадерие цӏумадисез гӏуцӏун букӏана бечедаб культурияб хӏухьбахъиялъул программа. Районалъул культураялъул хӏалтӏухъабазул кучӏдулги, кьурдабиги ва цогидал церерахъиналги лъикӏ къабул гьаруна балагьараз. Хасаб гугьар байрамалъе кьуна цӏунтӏадерил кочӏохъабаз, Хунзахъ районалъул Харахьиса палугьабазул церерахъиназ. Гӏанди гӏурул рагӏалда бугеб гӏатӏидаб стадионалда кьералда тӏиритӏун рукӏана щибаб росдал майдан. Гьалбадерие рес букӏана цӏумадисезул некӏсияб квен гьабулеб къагӏида бихьизе ва хӏадурарал нигӏматал кваназе.\nСпорт бокьулезе рес букӏана спорталъул кӏалгӏаялда Совет Союзалъул Бахӏарчи Къади Абакаровасул цӏаралда тӏобитӏулеб букӏараб Тӏолгороссиялъулаб эркенаб гугариялъул къецазда балагьизеги.\nГӏуцӏадго ва тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏараб байрамалдаса рази рукӏана киналго гӏахьалчагӏи – жалго цӏумадиселги тӏаде рачӏарал гьалбалги.\nПайзула Пайзулаев,\nХ. Залимхановалъул\nсуратал"}
{"slug": "5471-dryal-ul-khiukumatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5471-dryal-ul-khiukumatalda", "title": "ДРялъул хӏукуматалда", "date": "2019-08-19 13:16:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 цӏалдохъанасе щвана 100 балл\nИсана ЕГЭялъул хӏасилал квешал гьечӏо\nАртём Здуновасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб Дагъистаналъул хӏукуматалъул данделъиялда 2019 соналъул ЕГЭялъул хӏасилал гьаруна. Аслияб кӏалъай гьениб гьабуна ДРялъул лъайкьеялъул министр – ДРялъул вице-премьер Уммупазил Гӏумаровалъ.\nМинистралъул баяназда рекъон, 2019 соналда ЕГЭ кьуна 12 452 выпускникас ва ГИА – 23 992 цӏалдохъанас. Экзаменал тӏоритӏана 68 хасаб пункталда. Жеги анлъго пункт гӏуцӏун букӏана загӏипаб сахлъи бугел цӏалдохъабазе. Онлайн режималда хӏалтӏулеб букӏана 985 аудитория ва сахлъи загӏипал лъималаз экзаменал кьолеб 34 аудиториялда лъун рукӏинчӏо видеокамераби. Экзаменазул заманалда хӏалтӏулев вукӏана 4386 чи. Цӏалдохъабазул тӏадкъаязул халгьабуна 465 экспертас (гьезда гьоркьоса 13 ккола федералияв эксперт) ва экзаменазда хадуб халккуна 229 жамгӏияв чияс, гьезда гьоркьоса 85 вукӏана федералияв наблюдатель.\nУ. Гӏумаровалъ бицана цӏалдохъабиги гьезул эбел-эменги экзаменазде хӏадуриялъул, ай гьезулгун гара-чӏвариял ва дандчӏваял тӏоритӏиялъул хӏакъалъулъги. Гьел тадбиразул хӏасилалда исана цӏикӏкӏана, адабияталъул хутӏизегӏан, киналго экзаменазул гьоркьохъеб балл. «Масала, гӏурус мацӏалъул экзаменалъухъ 80-ялдаса цӏикӏкӏун балл щвана 1748 выпускникасе, профилияб математикаялъухъ – 103 выпускникасе. Гьединго 21 цӏалдохъанасе щвана батӏи-батӏиял экзаменазухъ 100 балл (гьезул хӏалтӏабазухъ цӏидасан халгьабуна Рособрнадзоралъул вакилзабаз).\n2019 соналда 873 выпускникасе кьуна «За успехи в учении» абун тӏад хъвараб цӏияб формаялъул аттестат (гьелда рекъон кьола меседил медальги). Аттестат щвечӏого хутӏана 825 цӏалдохъан. Хьул буго, сентябралда цӏидасан экзаменалги кьун, гьезул къадар жеги дагьлъилин», — ан бицана министралъ.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ кӏвар буссинабуна экзаменал кьезе ругел цӏалдохъабазулгун ва гьезул эбел-инсулгун психологиял гара-чӏвариял гьаризе ккеялде. Гьелъ абуна, цӏалдохъаби хӏинкъулел ругин тӏаде щолел ругел экзаменазукьа ва гьелдалъун чорхол сахлъиялъе зарал гьабизе рес бугин абун."}
{"slug": "5472-260-chiyase-khialtiize-baki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5472-260-chiyase-khialtiize-baki", "title": "260 чиясе хӏалтӏизе бакӏ", "date": "2019-08-19 13:19:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "ДРялъул премьер-министрасул Каспийскалъул авиамеханикияб заводалде сапар\nАраб анкьалда Дагъистаналъул премьер-министр Артем Здунов ва Балтикаялъул промышленнияб компаниялъул генералияй директор Диана Каледина щвана Каспийскалъул авиамеханикияб заводалде. Гьеб ккола КЭМЗалъул филиал. Заводалъул хӏалтӏи цебетӏеялъул мурадалда тӏадеги гӏуцӏун руго цӏиял участкаби, рагьун буго жеги тӏадеги 260 чиясе хӏалтӏизе бакӏги. Гьабсагӏаталда гьенир хӏадур гьарула авиатехникаялъе алатал. Гьелде тӏадеги гьенир хӏадурула хӏухьладалъун рукъзал хинлъизарулел, лифталъул система рекъезабулел алатал ва цогидабги хӏажатаб техника. Балтикаялъул промышленнияб компаниялъги Каспийскалъул заводалъги къотӏи-къай гьабуна цадахъ рекъон хӏалтӏизе."}
{"slug": "5524-lagerazdasa-sajg-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5524-lagerazdasa-sajg-at", "title": "Лагераздаса «сайгъат»", "date": "2019-08-26 11:02:40", "categories": ["med"], "text": "Педикулез унтудаса кин цӏунилел?\nБицине нечараб букӏаниги, тохтурасухъеги ун чара гьечӏого дару гьабизе кколеб унти буго нацӏал рай. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз бицуна, цере гӏадамал сахал рукӏанин, гьанжейин абуни цӏакъго загӏипал ругин, нацӏалцин раларин, ай нацӏал рикӏкӏуна сахал рукӏин бихьизабулеб шартӏлъун. Гьез рикӏкӏуна гьанжесеб, гъорлъ химияги бугеб кванца сахлъи загӏип гьабулеб бугин, загӏипав чиясда нацӏги баларин.\nГьебго заманалда киназдаго лъала нацӏ чорокаб черхалда балеблъиги.\nМедицинаялъги абулеб буго нацӏаз инсанасде батӏи-батӏиял захӏматал унтаби рахинарулин.\nНацӏ дарулъун рикӏкӏунаан\nГӏадатияб гуреб медицинаялда рикӏкӏуна нацӏаз гепатит (тӏогьилаб унти) унти сах гьабулин. Тӏул унтарал гӏадамаз чанго чӏагояб нацӏ къулчӏула, сах гьарулинги абун.\nXVIII гӏасруялда гӏурусазул тохтур Федор Лоевскияс жиндирго «Лечебник» абураб тӏехьалдагицин хъван букӏана гӏадатияб гуреб медицинаялда тӏул сах гьабизе нацӏал хӏалтӏизариялъул хӏакъалъулъ. Гӏадамаз ричунгицин росулел рукӏун руго «даруял» нацӏал. Чорокал рухӏчӏаголъабазда цадахъ чанго батӏияб квешаб унтиги бичун босун букӏин щибха гьезда лъалеб букӏун батилеб? Жакъа медицина цебетӏураб заманалдацин гьеб къагӏида хӏалтӏизабулел гӏадамал дандчӏвала.\nНацӏаздаса гӏадамазде бахине бегьула цӏадул унти, бакъул унти, туляремия (хӏайваназдаса бахунеб тӏомол захӏматаб унти). Гьез лъугьинабизе бегьула аллергия, экзема (лъамахӏапаро), дерматит (тӏомол унти), хьордокъучӏби.\nЦебего кӏочон тун букӏараб гьеб унти, лъабго-ункъо соналъ цебе цӏидасан баккана гӏисинал цӏалдохъабазда гьоркьоб. Кӏиго соналъ цебе Дагъистаналдаса Крымалде лагералде арал лъимал тӏадруссинаруна, нацӏал ругин ва цогидаздеги рахинарун ратанин абун. Гьелдаса хадуб республикаялда гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб рагӏичӏо, амма лагеразул заманалда гьеб «сайгъатги» босун рачӏанин лъималин бицуна эбел-инсуца.\nЦӏех-рехаз тӏатинабуна\nРоссиялъул цо-цо газетаздаги хъвалеб буго улкаялъулго аптекабазда нацӏазде данде дараби ричиялъул къадар цӏикӏкӏун бугин. Босулеб гьечӏони, бичизе лъелищха. «Московский комсомолец» (МК RU) газеталъул цӏех-рехазда рекъон, 2019 соналъул тӏоцебесеб бащдаб лъагӏалида жаниб, улкаялъулго аптекабазда, араб соналда дандеккун, 9,2 проценталъ цӏикӏкӏун ричун руго педикулез унтуде данде дараби.\nРоспотребнадзоралъул баяназда рекъон, ахирал соназда улкаялда гӏумру гьабун вугев нусазарго чиясда гьоркьоб 180-203 чиясде педикулез унти бахунеб буго. Унго-унголъунин абуни, гьеб унти бугезул къадар анцӏ-анцӏ нухалда цӏикӏкӏун батулин рикӏкӏунеб буго МК RU-ялъ. Киналго гурелъул тохтурасухъе рачӏунел. Гӏемерисез гьеб бахчулеб буго. Нацӏазул унти тӏибитӏулеб буго чӏахӏиял шагьаразда, ай гӏадамал цӏикӏкӏарабгӏан бакӏазда. Аслияб къагӏидаялъ нацӏ балеб буго лъабгоялдаса анлъго сон базегӏан лъималазда. Чӏахӏиял лъимал батӏаго чӏаниги, гӏисинал цӏикӏкӏун цоцазда аскӏоса ричӏуларо. Нацӏал рахаразда гьоркьор кӏиабилеб бакӏалда руго 15-24 барал, лъабабилеб бакӏалда — 35-50 сон барал гӏадамал.\nПедикулез унти бахине рес буго бокьарав чиясде. Рикӏкӏуна нацӏ балин рацӏцӏалъи цӏунулеб гьечӏониян. Амма цӏех-рехаз «бицунеб» буго нацӏазе бацӏцӏадаб, цӏвакараб рас бокьулеб букӏин ва лъадалъги гьел эркенго лъедолел рукӏин. Цо чиясдаса цогидасде нацӏ бахине бегьула аскӏор эхетун ругоницин. Гьединго унти бахине рес буго цӏалул идарабазда, жамгӏияб транспорталда, тукада, парикмахерскаялда ва хӏамамалъубгицин. Гьединго нацӏ бахине бегьула педикулез бугев чи вегун вукӏараб бусадасанги.\nКин сах гьабилеб?\nЛъималазде нацӏ бахун батани, гӏемерисел тохтурасухъе ине кколеб бакӏалда, гьебги бахчун, жидерго «къуваталдалъун» гьезда данде рагъ базе лъугьуна. Цо-цояз хӏалтӏизабула цебегоялдаса гьукъараб дуст (ицалде данде гьабулеб загьру), медицинаялъул спирт, уксус, хлор, расул релъенал ва гь.ц. Тохтурзабаз лъазабулеб буго ботӏрол тӏом хвезаби гуреб гьезул пайда гьечӏин. Бензин, нарт, дихлофос гӏадал жалаз нацӏал тӏагӏинаризеян лъугьани, чорхолъе загьру ккезе бегьула, хасго гьитӏинаб лъимадул сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна сагӏаналъул, розмариналъул, лавандаялъул бахъараб нах расуда бахине. Гьединго тохтурзабаз рихьизарула кинал дараби педикулезалде данде хӏалтӏизаризе кколелали. Нацӏал тӏагӏинаризе сундасаго лъикӏаб ва хӏасил кьолеб къагӏидалъун рикӏкӏуна гӏисинал магӏал ругеб хасаб гьоркьоялъ рас хай. Хазе лъикӏаб буго щибаб къоялъ. Чияр гьоркьо, заколкаби, рас бухьунел жал, кӏаз ва цогидалги алатал хӏалтӏизаризе бегьуларин малъизе ккола лъималазда. Роол лагераздаса лъимал тӏадруссун хадуб, гьезухъ лъикӏ халгьабизе ккола. Гьединго халкквеяла гъоркь рукӏине ккола школалде яги лъималазул ахикье хьвадулел лъималги."}
{"slug": "5525-millatal-ul-tsol-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5525-millatal-ul-tsol-i", "title": "Миллаталъул цолъи", "date": "2019-08-26 11:07:15", "categories": ["lit"], "text": "Гьудуллъиялъул кьалбал\nДагъистанияз гуребги, къабул гьабула лезгинка\nСанкт-Петербургалдаги буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдул ансамбль «Гьудуллъи». Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Ашраффудин Мехтиевас. 13 соналъ пана гьарулел руго «Гьудуллъиялъ» Россиялъул шагьаразул ва къватӏисел пачалихъазул гӏадамал. Ансамбль гӏахьаллъула санайил тӏобитӏулеб шагьаралъул фестивалалда. Исана ансамбль мустахӏикълъана тӏоцебесеб бакӏалъе.\n«Гьудуллъиялда» кьурдулел руго цохӏо дагъистаниял гурелги. Гьеб берцин гьабун буго Россиялъул батӏи-батӏиял миллатазул гӏисинал вакилзабаз. Гьенир кьурдулезда гьоркьор руго Санкт-Петербург, Компино, Пушкин шагьараздаса 60 лъимер. Ансамбль щвана Китаялде, Алжиралде. Гьелъ гьединго цересел бакӏал ккуна батӏи-батӏиял фестивалазда. Масала, «Цӏвабзазул кунчӏи», «Цохӏо зодикь», «Цоцазул кверал кквелин, гьудулзаби», «Кавказалъул халкъазул фестиваль» ва цогидалги.\nСанкт-Петербургалда вугев Дагъистаналъул вакил Хӏасан Хӏасановас абуна:\n— Ансамблялъ гӏагар гьарулел руго Россиялъул миллатал. Балагьаразе лъикӏаб асар гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдабаз. Гьадинал церерахъиназ бицуна цогидазе Дагъистаналъул гӏадатазулги, культураялъулги, гӏадамазулги хӏакъалъулъ. Ашраффудин вуго жиндирго хӏалтӏуе ракӏги кьун хӏалтӏулев чи. Гьединаз бицуна дунялалъе гӏагараб ракьалъул хӏакъалъулъ. Жеги гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ракӏалда буго гьесда,- ян.\nГьарула Ашраффудиниеги гьесул гӏисинал гьунарчагӏазеги дагьабги машгьурлъиги гьунаралъе цӏубайги. Жеги гӏемерал саназ рохизареги нилъ ансамблялъул церерахъиназ."}
{"slug": "5526-tsiororab-itstsul-l-im-khiukhban-gek-ola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5526-tsiororab-itstsul-l-im-khiukhban-gek-ola", "title": "Цӏорораб иццул лъим хӏухьбан гьекъола", "date": "2019-08-26 11:09:03", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул районазул лъел гӏуцӏиялъул баян кьолеб буго гӏалимзабаз\nГьекъолеб лъим бацӏцӏадаб букӏине кколеблъиялде цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго ахираб заманалда. Гьелъие гӏиллалъун ккана Хасавюрт районалда ва цогидал бакӏазда бакьазул унтаби цӏикӏкӏин ва цадахъго гӏемерал гӏадамал унти. Гьелде тӏадеги, тохтурзабаз абулеб буго тӏулал, зобалъул, онкологиялъул унтаби ккеялъеги гӏиллалъун кколин лъел чороклъи. Гьеб рахъалъ лъикӏаб хӏал гьечӏо тӏолабго Россиялдаги.\n2013 соналда хӏалтӏизе байбихьана «О водоснабжении и водоотведении» абураб №416 федералияб закон, гьелда рекъон, бакӏалъул нухмалъиялда тӏадаб гьабун буго лъел мухъазулги канализациялъулги инвентаризация гьаби. Гьединго муниципалитетаз бацӏцӏадаб лъедалъун халкъ хьезабиялъул мурадалда, Роспотребнадзоралъ хӏадурараб планалда рекъон, цадахъ хӏалтӏизе жавабиял идараби тӏасарищизе ккола ва лъел даражаялда хадуб халкквей чӏезабизе ккола. Гьебго законалъ тӏалаб гьабулеб буго районалда ва росабалъ бугеб лъел даражаялъул баянал муниципалитеталъул сайтаздасаги СМИяздасаги кьеян.\nГьеб законалъул тӏалабал тӏуразариялъул мурадалда гӏатӏидаб цӏех-рех гьабун буго ДФИЦалъул гӏалимзабаз. Мугӏрузул районазда ругелщинал иццазулги, лъаразулги, гӏоразулги химикияб анализги гьабун, щибаб росулъе бачӏунеб лъелъ ругел заралиялгун пайдаял микроэлементазул мухӏканал баянал хӏадурун руго гьез. Иццулъ ратарал заралиял микроэлементаздаса лъим бацӏцӏад гьабизе фильтралги хӏадур гьарун руго. Фильтразулъ хӏалтӏизарун руго бакӏалъулго материалал, масала, куракул гъотӏол тӏурччи ва гь.ц.\nЩивасул ихтияр буго кинаб лъим жинца гьекъолеб бугебали лъазе. Гьединлъидал цӏех-рех гьабурал гӏалимзабазе – Арсен Магьдиевасеги, Мустангер Гӏабдуллаевасеги, Малик Гъапуровасеги, Ахӏмад Гӏамировасеги, Заур Кубатаевасеги – баркалаги кьолаго, «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ хӏукму гьабуна магӏарул районазул иццазул хӏакъалъулъ ругел баянал газеталда рахъизе."}
{"slug": "5527-khiasilal-va-mas-alabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5527-khiasilal-va-mas-alabi", "title": "Хӏасилал ва масъалаби", "date": "2019-08-26 11:12:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Заманалъул тӏалабазда рекъон\n22 августалда Гьудуллъиялъул минаялда тӏобитӏана Августалъулаб данделъи\nУчительзабазул данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовги, ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумароваги, РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул департаменталъул директор Светлана Нуждинаги.\nДанделъиялда аслияб кӏалъай гьабуна Уммупазил Гӏумаровалъ.\n«Лъайкьей» — миллияб проект\nРехсараб проекталда гьоркьобе уна 10 федералияб проект. Дагъистаналда гӏумруялде бахъинабулеб буго анкьго.\nРФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъ гӏуцӏарал къецаздаги гӏахьаллъун, ДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ республикаялде бачӏинабуна 16 млрд гъурущ. Гьеб гӏарцудаса 15 млрд 600 млн гъурущ биччан буго лъималазул ахал ва школал раялъе.\n«Демография» абураб миллияб проекталда рекъон 2019-2021 соназда республикаялда рагьизе буго школалда цебесеб лъайкьеялъул 57 идара ва гьениб букӏине буго лъабго сон бачӏеб 9100 лъимадуе бакӏ. Хӏадурун буго жеги 23127 лъимадуе бакӏ гьабизе рес кьолел тадбиразул планги.\nЦересел соназда рагьана 108 лъималазул ах ва гьениве хьвадулеб буго 35000-ялдаса цӏикӏкӏун лъимер. Иргаялда жеги хутӏун буго 14362 лъимер. Гьелдаго цадахъ, 631 росулъ лъималазул ах гьечӏолъиялда бан, бажарулебго гьечӏо 200 азарго лъимер лъималазул ахикье иргаялда лъезе. Гьелъул хӏасилалда квалквал кколеб буго рукӏинесел цӏалдохъабазе школалде рачунеб заманалде цогоял шартӏал гӏуцӏун.\nЕГЭялъул ва ГИАялъул хӏасилал\nЦересел соназде дандеккун, 2019 соналда цӏикӏкӏана, адабияталъул ЕГЭ хутӏизегӏан, цогидал экзаменазда щварал баллазул гьоркьохъеб къадар.\nКиналго экзаменазда 80-ялдаса цӏикӏкӏун балл щвана 2616 цӏалдохъанасе, гӏурус мацӏалъул экзаменалда – 1748 чиясе ва математикаялъул профилияб экзаменалда – 103 цӏалдохъанасе. 100 баллалде ЕГЭ кьуна 24 чияс.\nИсана ГИА кьурал цӏалдохъабазда гьоркьоса гӏаммаб лъайкьеялъул аттестат гьечӏого хутӏана 825 выпускник. Гьезие рес кьолеб буго сентябралда цоги нухалда экзаменал кьезе. Нахъраталил къоялъ экзаменал кьун хадубги квешаб хӏал хутӏана Гӏахъуша, Хьаргаби, Догъузпара, Цӏумада ва Цӏунтӏа районазда: гьенир аттестат гьечӏого хутӏана 20 проценталдаса цӏикӏкӏун выпускник.\nУчительзаби гӏолел гьечӏо\nАраб цӏалул соналда Дагъистаналъул школазда гӏолев вукӏинчӏо 400-ялдаса цӏикӏкӏун учитель: ингилис мацӏалъул – 113 школалда, математикаялъул – 40 школалда, гӏурус мацӏалъул – 27 школалда.\nХӏалтӏизе байбихьана «Росдал учитель» абураб программа. Исана гьелда рекъон росабазул школазда хӏалтӏизе ине вуго 50 гӏолохъанав учитель. Гьезие кьезе буго миллион гъурущ ва гьел росдал школалда хӏалтӏизе ккола щуго соналъ.\nТарихазулаб лъайкьей\nДагъистаналда гӏумруялде бахъинабулеб буго «Гьанжезаманалъул школа» абураб федералияб проект. Гьелда рекъон 42 муниципалияб гӏуцӏиялда рагьана Тарихазул ва гуманитарияб профилазул центр («Точка роста»). Гьенир хӏалтӏиялъул мурадалда федералиял программабазда рекъон цӏализавизе вуго 882 педагог. Гьел куцазе руго гьанжезаманалъул тӏадегӏанаб техникагун хӏалтӏизе ва цӏиял технологиязда рекъон лъималазе лъай кьезе.\nХисизаризе руго коррекциялъул школазул инфраструктураги цӏалул къагӏидабиги. Гьелъул мурадалда Дагъистаналъе щвезе буго 45 млн гъурщил федералияб кумек. Рехсараб тайпаялъул школазда хиса-басиял гьаризе руго 2020 соналдаса хадур.\nРеспубликаялъулаб проект\n«100 школа» абураб проекталда рекъон, гъоркьиса къачӏана 117 школа. 2019 соналда гӏумруялде бахъинабулеб буго «150 школа» абураб проект ва къачӏалеб буго 217 школа. Проекталъул аслияб шартӏ ккола бакӏалъул бюджеталъулги спонсоразулги гӏарац хӏалтӏизаби.\n10214 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 23 школа базе федералияб бюджеталдаса биччан букӏана 10 млрд 1 млн гъурущ. Республикаялъулаб инвестициязул программаялда рекъонги базе буго 5151 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 17 школаги кӏиго спортзалги. Гьелдалъун рес щвела 18 школалъул 2400-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан лъабго сменаялда цӏализавиялъе ахир лъезе.\nЦӏалул тӏахьал\nФедералиябги республикаялъулги бюджетаздасан гӏарацги харж гьабун, босана 2 млн 240 азарго цӏалул тӏехь, гьезда гьоркьоб – миллиял мацӏазда 156 азарго тӏехьги (киналго тӏахьазухъ кьун буго 828 млн гъурущ). Хӏадурана ва басмаялде бахъана байбихьул школалъе анлъго миллияб мацӏалъул цӏалул тӏехь.\nХасал тӏахьаздалъун хьезаруна коррекциялъул школалги.\nДанделъиялъул ахиралда республикаялъул лъайкьеялда лъикӏаб хӏасил бихьизабурал учительзабазе кьуна шапакъаталгун сайгъатал.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "5528-vystavka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5528-vystavka", "title": "Выставка", "date": "2019-08-26 11:17:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Цӏияб заманалъул цӏиял тӏалабал\nМахӏачхъалаялда мебелалъул выставка\n20 августалда Махӏачхъалаялда Ассоциация «КАМИялъ» ва «ДревМебельМашалъ», Techno Group компаниялда цадахъ рагьана мебель гьабулезул выставка.\nГьеб тӏобитӏизе Россиялдаса рачӏун рукӏана «КАМИ-Мебелалъул» директорасул заместитель Иван Дементьев жиндирго специалисталгун. Гьесги Techno Group-алъул генералияв директор Сайфулла-Къади Асельдеровас ва Дагъистаналъул Бизнес-сообществоялъул бетӏер Гӏабдулхӏаким Пахрудиновас рагьана выставка.\nИван Дементьевас абуна Дагъистан жидер компаниялъе кӏвар бугеб регион кколин, гьанир ругин гӏемерал жидер станокал хӏалтӏизарулел ва цӏулал мебель гьабулел фабрикаби. «Северияб Кавказалда церетӏолел руго мебель гьабулел гӏисинал ва чӏахӏиял фирмаби. Гьезие хӏажат буго цӏираккарал станокалги цоги алатги. Нижер «КАМИ» ассоциациялъ Дагъистаналде рачӏарал станокал руго фабрикабазул хӏалтӏи бигьа гьабизе ургъарал. Гьел лъикӏ росула Махӏачхъалаялда. Станокал рихьизе ва гьезухъ балагьизе гьанире рачӏун руго Дагъистаналдаса гурелги Чачаналъа, Кабардино-Балкариялдаса ва цоги регионаздаса производителал. Нижер фирмаялъ рес кьолеб буго бизнесменазе жидерго иш цебетӏезабизе», — ян бицана гьес.\n300-ялдаса цӏикӏкӏараб квадратияб метралда «КАМИялъ» церелъун ругоан цӏияб заманалъул Filato, Ostermann, Beaver, GQmac ва цоги маркабазул станокал. Рес букӏана гьел хӏалтӏулеб къагӏида ва гьезул цогидалде дандеккун тӏокӏлъи бихьизе. Выставка букӏине буго 23 августалде щвезегӏан.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "5592-giumruyal-ul-darsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5592-giumruyal-ul-darsal", "title": "Гӏумруялъул дарсал", "date": "2019-09-03 08:52:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏарцулъ гуро талихӏ бугеб\nБищун бечедасдаги сахлъи босун бажаричӏо\nАмерикаялъул инженер ва предприниматель, Apple Inc корпорациялъе кьучӏ лъурав ва гьелъул исполнительнияв директор Стивен Пол Джобс рикӏкӏуна компьютернияб индустриялъул аслияв чилъун, ай компания цебетӏеялъе квербакъарав инсанлъун.\nАхирисел анцӏ-анцӏ соназ Стив Джобс вукӏана дунялалдаго машгьурав анкьгьунаралъул инсан. Миллион гӏадамаз баркала кьола гьес ургъараб цифровияб техникаялъухъ, хасго персоналиял компьютеразухъ.\nХӏаталдаса ун бечедав чи вукӏаниги, Джобсихъа бажарана гӏадатияв инсанлъун хутӏизе. Дагьал цере Интернеталда рукӏана больницаялъул палатаялда хвалда цере Стивица абурал ахирал рагӏаби, ай гьес нилъер щивасде гьабураб хитӏаб-васият. Гьеб рисалаталъ асар гьабичӏев чи къанагӏатги хутӏун ватиларо.\nГӏумруялъул 56 сониде вахарав «Apple» компаниялъул бетӏер, миллиардер Стив Джобс къадаралде щвана чехьалда гъоркь букӏунеб цӏекӏгьанада ккараб рак унтудалъун. Холелъул гьес абуна: «Ишалъулаб дунялалда дун сундулго рахъалъ цогидазда анищин ккараб борхалъиялде вахана. Гӏемерисезул берзукъ дир гӏумру букӏана унго-унголъунги бергьенлъидул тӏохлъун. Амма мукӏурлъила, дир гӏумруялъулъ мукъсанаб къадаралда гурони хӏалтӏитун батӏияб рохел букӏинчӏо. Гьереси щай, бечелъи ккола дун ругьунлъараб дие бокьулеб жо.\nБецӏаб палатаялда гӏумру цӏунулеб аппараталдасан бачӏунеб гӏурччинаб канлъухъ балагьидал ва гӏадатияб механизмалъул гьаракь рагӏидал, чорхол хӏалалъ бицунеб буго дир хвел гӏагарлъулеб букӏин, дида рагӏулеб буго Халикъас цӏалеб хӏохьладул гьаракь. Гьанже, гӏунги тӏокӏ гӏарац бугеб мехалда, рекъараб букӏина, бечелъиялда хурхинчӏел, ай гӏумруялъул цоги суалазда тӏад ургъизе…\nГӏумруялда жанир руго гӏемерал кӏвар цӏикӏкӏарал жал. Цоязе гьеб батизе бегьула гьоркьоблъи, цогидазе — искусство яги лъималазул анищал…\nАхирго гьечӏеб бечелъиялда хадув лъугьиналъ инсан марионеткаялде сверизавула. Гьедин ккана дирги. Гӏагаразда нилъер рокьул бицине Халикъас нилъее кьун буго асар гьабулеб бажари.\nДида доб дунялалде цадахъ босизе кӏоларо гӏумруялда жаниб данде гьабураб бечелъи. Дица цадахъ росула — рокьуда хурхарал ракӏалдещвеял. Гьеле гьеб букӏине ккола нужгун, гьел гьеб ккола нужее церехун ине къуват кьолеб унго-унгояб бечелъи.\nРокьиялда бажарула рорхатал мугӏрулги халатал нухалги нахъа тун. Гӏумруялъул гӏорхъи-рахъ букӏунаро. Мукӏур гьабе нужеего бокьараб борхалъи. А ракӏалъ ахӏараб бакӏалде. Гьеб кинабго буго нужер ихтияралда, нужеда кодоб.\nГьаб лахӏзаталда дун вегун вуго хвалил бусада ва ракӏалде щвезабулеб буго тӏолго гӏумру. Тӏаде гӏунтӏун бугеб хвалда цебе дида бичӏчӏана, дун хӏаталдаса ун чӏухӏулев вукӏараб дир бечелъиялъулги машгьурлъиялъулги кинабгӏаги кӏвар гьечӏеблъи, гьеб гуро гӏумруялъул масъала ва анищалъул борхалъи.\nГӏарац бугони, машинаялда мун ваччизеги, щиб-щибги рокъоб гьабизе хӏалтӏизеги дуца мухьдахъ чи кквезе бегьула, амма, кигӏан гӏемер гӏарац-месед бугониги, кӏоларо дур унти жиндего тӏаде босулев чи валагьизе.\nГӏарцухъ щиб бокьаниги босизе бегьула, амма буго цо жо я балагьизе, я босизе, я батизе рес гьечӏеб, ай дудаса гьеб билани, киданиги бичун босизе бегьулареб. Гьеб ккола ГӏУМРУ. Гӏолохъанлъиги сахлъиги букӏаго, гӏумруялдаса кӏванагӏан кеп босе ва цогидазул адаб гьабе. Санал ранагӏан камиллъула нилъер гӏакълу. Кватӏун бугониги, нилъеда бичӏчӏула 30 долларалъе босараб сагӏаталъги, 300 долларалъе босаралъ сагӏаталъги цого заман бихьизабулеблъи. 30 долларалъе босараб киса бугониги, 300 долларалъе босараб киса бугониги, гьезда жанибе цого къадаралда гурони гӏарац унареблъи. 150 азарго долларалъе босараб машинаялда рекӏун аниги, 300 азарго долларалъул багьаяб машинаялда рекӏун аниги, нухги заманги цохӏо букӏуна. 300 долларалъе бугеб чагъиралъул шиша гьекъаниги, 100 долларалъе босараб шиша гьекъаниги, мехтел цого букӏуна. 300 м² минаялъув гӏумру гьабун вугониги, 3000 м² вугониги, мун цохӏо къагӏидаялда янгъизго вукӏуна.\nБатӏалъи гьечӏо, чан сон гьабсагӏат дур бугониги ва кинаб борхалъиялде мун вахун ватаниги, нилъер щивасде тӏаде щола пардав гӏодобе биччараб къо.\nДур хӏакъикъияб талихӏ бечелъиялда, гӏарцуда бараб гуро бугеб. Тӏоцебесеб классалда яги экономклассалда воржулев вугониги, самолет бортани, мун гьебгун цадахъ вортула. Божула, дуда бичӏчӏулеб батилин, гӏакълу бикьизе, къварилъи-рохел дандбазе дур лъикӏал гьудулзаби яги гӏагарал чагӏи ругони, гьеб унго-унгояб талихӏ кколеблъи.\nУнго-унгояб бечелъи ккола хъизамалде, йокьулелде, гӏагарал чагӏазде ва гьудулзабазде бугеб рокьи…\nЦӏуне нужго, тӏалаб-агъаз гьабе цогидазул.\nГьале нужее, тӏад къалам кӏутӏизе рес гьечӏеб щуго малъа-хъвай:\n1. Лъималазда бечедал рукӏине малъуге, малъе талихӏал рукӏине, гьедин тарбия кьуни, кӏудиял гӏедал гьезда лъазе буго сундулго багьа.\n2. Квен дару гӏадин кванай, гурони дуца дару кваназе ккола квен гӏадин;\n3. Унго-унголъунги вокьулев чияс мун рехун толаро, дудаса инкар гьабизе нусго гӏилла батаниги, гъолда яги гъосда цо гӏилла батизе буго дудаса инкар гьабичӏого тезе.\n4. Кӏудияб батӏалъи буго гӏаданлъун вукӏиналдаги, гӏаданасул гӏадаб гӏамал-хасияталда вукӏиналдаги гьоркьоб.\n5. Гӏедегӏун ине бокьун батани, а цохӏо мунго. Рикӏкӏад ине бокьун батани, а цадахъ.\nЛъан букӏа, бакъул канлъиги, сахаб хӏухьбахъиги, спортивияб зарядкаги, диетаги, жиндаго ракӏчӏейги ва гьудулзабиги дунялалда тӏад бищунго лъикӏал тохтурзаби кколеблъи. Мугъчӏвай гьабе гьезда ва сахаб гӏумруялдаса босе кеп.\nНури Нуриев"}
{"slug": "5594-festival", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5594-festival", "title": "Фестиваль", "date": "2019-09-03 09:04:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏаралазул «индейцал»\n2016 соналдаса нахъе кӏодо гьабула «Гъоди» — тӏорщалил нигӏматазул байрам\n45 соналъ цеве хӏалтӏудаса гӏодов чӏарав милициялъул офицер Мухӏамад Гӏабдусаламовас бана кӏаралазул рохьоб хъощ. Гьелъие гӏиллалъун ккана милициялъул офицерасул Северияб Америкаялъул индейцазул хӏакъалъулъ бицунел кинофильмазде букӏараб рокьи. Индейцазул гӏумруялъги хасияталъги асир гьавурав Мухӏамадил гӏемерисеб заман унаан хъощниб. Июлалдаса нахъе гьев вукӏунаан рохьов. Унаан чанаве, гӏуцӏулаан батӏи-батӏиял хӏаял. Индейцазул вигвамалда (цӏаказул яги буртинадул гьабураб хъощ) къоял тӏамулев гьесухъе хьвадулаан гьалбалги. Амма гьесухъ сордо базе ккани, гьоболас къабул гьаризе кколаан хасал «тӏалабал». Мухӏамадица гьобол вухьунаан гъотӏол хӏобода ва, кодоб ккун томагавкгун (индейцазул гьитӏинаб гӏащтӏи), гьоболасе хӏинкъиги кьолаго, кьурдулаан гьесда сверухъ. Гьоболасул къвакӏи борцине Мухӏамадица щибаб нухалда ургъулаан цӏиял хӏаял. Гьеб хӏехьарав чи гурони мустахӏикълъулароан кӏаралазул «индейцасул» вигвамалда сордо базеги. Кинниги, соналдаса соналде гӏемерлъана «индейцазул» къадар. Гьезул хӏаялгун вигвамазул хӏакъалъулъ тӏиритӏана батӏи-батӏиял харбал. Машгьурлъана гьезул клубги. Гьебмехалда Гӏахьвахъ районалъул культураялъулгун спорталъул ва туризмалъул управлениялъул нухмалъулев Махӏач Тӏалхӏатовас (дол соназда гьев вукӏана Районазда гьоркьосеб налогазул инспекциялъул нухмалъулевлъун) рохьоб бана 10 чияс гӏумру гьабизе санагӏатаб вигвам.\n2016 соналда гӏахьвалазул шагӏир, художник ва кочӏохъан Камил Тархода ракӏалде ккана Гӏахьвахъе гьалбал ахӏизе. Гьалбадерил ракӏгъезабизе мурадалда хӏадурана кучӏдул ахӏиялъулги, спорталъулги ва цогидалги къецал. Гьайгьай, умумузул гӏадаталда рекъон, вачӏарав чиясда цебелъезе хӏадурана татуял нигӏматазул гьарзаяб тепсиги. Тепсиялда аслияб бакӏги кколаан «Гъодиялъ» — дагъистаниязда гьоркьоб машгьурлъараб могьолалгун тӏоролалги журан белъараб мугьалъ. Гьедин бижана Гӏахьвахъ районалда цӏияб байрам – «Гъоди» фестиваль.\nФестивалалда церелъола районцоязул тӏахьалги, рахъарал сураталги, гьарурал цӏиял тӏагӏелалги. Гьенир гӏуцӏула гӏелмиял дандеруссиналги, кочӏол сардалги, кьурдабазул сверабиги. Хасаб хӏасратгун тӏобитӏула «Индейцазул кьеразулъе къабул гьари» абураб гӏадатги. Гьеб гӏадат «хӏехьон бажарарав» гьоболасе кьола цӏияб цӏарги, масала, «Кӏалбегӏер», «Бер цӏодор», «Къвакӏараб ракӏ» ва гь.ц. Гьалбадерие кӏудияб асар гьабула гамачӏгун чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къецазги.\nФестивалалъул майданазда тира-сверулел рукӏуна церегосел «индейцалги» — гьел ратӏагьаризе бажарула черхалда тӏад рахъарал суратазги ратӏлил хаслъиялъги.\nИсанаги цӏакъ кепалда тӏобитӏана гьеб байрам. Гьелда гӏуцӏарал къецазда чӏел босарал гӏадамазе сайгъатал кьуна «Индейцазул» клубалъул президент Мухӏамад Гӏабдусаламовасги Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовасги.\nФестивалалъул къоял\nРалъдал гьумералдаса 1800-2000 метралъул борхалъуда бугеб Гӏахьвахъ районалъул буго гьайбатаб тӏабигӏат. Багӏарараб гӏатӏиракьалдаса рачӏарал гьалбадерица хӏухьбахъулеб букӏана рохьаз сверун ккураб рацӏцӏалъиялда, гӏорцӏулелго рукӏинчӏо гьел рохьазул беричлъиялдасаги гьогьомараб бацӏцӏадаб гьаваялдасаги. Пайда щибха, анкьалъниги гьенир рукӏине рес гьечӏелъулан абулеб букӏана гӏемерисез.\nРадалго майданалда рещтӏана гьалбал. Фестиваль рагьана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовас. Гьес къокъго бицана районалъул тарихалъулги маданияб хаслъиялъулги хӏакъалъулъ. Фестиваль гӏуцӏизе хӏаракат гьабурал Камил Тархоеги М. Гӏабдусаламовасеги баркалаги загьир гьабун, районалъул бетӏерас гьезие кьуна баркалаялъул кагъталги сайгъаталги.\nГӏахьвахъ районалъул Маданияб централъул директор Денга Махиевас бачана данделъи. Гьес рагӏи кьуна монографиялъул автор Денга Халидовасе. «Монография хъвазе квербакъана «Кӏаратӏа» абураб маданияб жамгӏияталъул нухмалъулев Хӏайбула Хӏайбулаевасги рехсараб жамгӏияталъул Херазул советалъул председатель Гӏалигъазияв Гӏалигъазиявовасги. Гьелъул пайда букӏина тарихалъул учительзабазеги гӏагараб ракьалъул тарих лъазабулел гӏадамазеги. Гӏолилаз тарихалъул пикруго гьабуларо, амма тарих лъаларев чи махӏрумлъула цебеккун букӏарабщиналдаса – гьеб кӏочене бегьуларо. Районалъул гӏолилазе тарбия кьезе ккола умумузул мисалазул кьучӏалда. Гьелин абуни, рукӏана Шамил-имамасул аскаралъул жигарал гӏахьалчагӏи. Гьел ккола Кӏаратӏаса мудирал Гъалбацӏ-Дибирги, Гъазияв ва Халид (Кьукьулав) наибзаби — Хӏажияв ва Тавушмухӏамад. Гьел рукӏана Шамил-имам Гъуниве вахунеб мехалда гьесда цадахъ, хадубккун гьел ана Калугаялдеги (1859 соналда), хӏинкъи лъаларел муридзаби «Чӏегӏерав» Гӏумар ва имамасул байрахъулав Хӏунибагьадурги; Гӏарчоса наибзабазул муридал ва нусилазул командирал Нурмухӏамад, Ахӏулгохӏда 100 муридасул командирлъун вукӏарав ва 1839 соналда гьенив шагьидлъарав Гӏамирхан. Дица хӏаракат бахъана, тӏехь хъвалаго, ритӏухълъи цӏунизе, ургъун рахъарал харбал гьенир риччангутӏизе. Риччанте цогидазги, Типлисалъулги Москваялъулги архивазда ругел гӏемерал документалгунги хӏалтӏун, гьадинал тӏахьал къватӏире риччазе», — ян бицана монографиялъул авторас. Тӏехьалда рехсарал бахӏарзазул ирсилазе тӏахьал сайгъат гьаруна гьес.\nГьелдаса хадуб гьалбал щвана фестивалалда гӏуцӏун букӏараб кӏаралазул художниказул суратазул выставкаялдеги росабазул майданаздеги. Хӏалбихьана умумузул къагӏидаялда хӏадурараб гъодиялъулги.\nМадина Ахӏмадова"}
{"slug": "5595-shagarazdasa-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5595-shagarazdasa-kharbal", "title": "Шагьараздаса харбал", "date": "2019-09-03 09:08:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъала\nГьал ахирал къояз социалиял гьиназдасан ахӏи балеб буго тахшагьаралъул къватӏазда цӏарал хисулел ругилан. Цӏарал гьезда чанго соналъ цере хисун рукӏана. Амма гьел цӏаралги хъван, хъарщал чӏван рукӏинчӏо. Махӏачхъалаялъул цӏияв мэрас лъазабуна цӏарал хъварал хъарщал чӏвазе кколин. Гӏадамазда лъалеб букӏун гьечӏо жидерго къватӏазда цӏарал хисун рукӏин. Гӏемертӏалаял минабазул номералгицин рихьизарун рукӏун гьечӏо. Гьеб хӏалтӏи къватӏазда цӏарал хисараб 2016 соналдаго гьабизе кколаанин абуна шагьаралъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Салим Гӏабдулкъадировас.\nМахӏачхъалаялъулазда лъазе ккола къватӏазда цӏарал хисиялда цадахъ хиса-басиял гьаризе кколеблъи минаялъул хъвай-хъвагӏай гьабураб тӏохьодаги (домовая книга), техникияб паспорталдаги (зеленкаялда). Гьел тӏуранго хисизе кколаро. Гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабизе ккола шагьаралъул архитектураялъул управлениялда яги МФЦялда.\nГъизилюрт\nГъизилюрталда шагьаралъул бетӏер Малик Патахӏовас тӏобитӏараб данделъиялда бицана школал цӏияб цӏалул соналде хӏадурлъиялъул, шагьаралда республикаялъулаб «150 школа» проект гӏумруялде бахъинабулеб бугеб куцалъул хӏакъалъулъ. Гьеб проекталда рекъон, исана шагьаралда къачӏана щуго школа. Шагьаралъул бетӏерас кӏудияб кӏвар кьун бицана школазда цӏаккеялдаса цӏуниялъе гьарулел ругел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе ккеялъул хӏакъалъулъги. Дандеруссиналда кӏалъарав лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Гӏабдулкъадир Мухӏамадовас бицана шагьаралъул школал цӏалул соналде хӏадурлъиялъул, управлениялда ва школазда церечӏарал масъалабазул ва цогидалъулги хӏакъалъулъ."}
{"slug": "5598-vatianal-ul-tsiurmalgi-tsiumalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5598-vatianal-ul-tsiurmalgi-tsiumalgi", "title": "Ватӏаналъул цӏурмалги цӏумалги", "date": "2019-09-03 09:12:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "Баркула нужеда лъаялъул байрам!\nЖакъа кьабулеб цӏумур нужее ккола лъаялъул кӏалгӏаялъуре ахӏулеб цӏумурлъун, гьитӏичазул гӏумруялда — гӏажаибаб дунялалде кьабураб тӏоцебесеб цӏумурлъун.\nНужер гӏумруялда кколел руго хӏикматал лъугьа-бахъинал. Лъай-гӏакълуялъул цӏурал хулжалгун нужеде дандчӏвай гьабулеб буго нус-нус школаз. Унго-унгоги, гӏажаибаб асар гьабизе буго нужее гьеб байрамалъ. Гьелъ хисизабизе буго нужер къисматги.\nБиччанте исана тӏоцере школалде унезе гьеб хутӏизе балъголъабазул цӏураб хӏикматаб рукълъун, исана цӏалул соналда школа лъугӏун унезе – цӏияб гӏумруялде тӏамулеб таваккалаб галилъун. Жакъасеб гӏумруялъ нужедаса тӏалаб гьабулеб буго гъваридаб лъай, гӏакълу, гӏумруялъул карачелазде данде лъедезе къуват, жан ва жигар. Мустахӏикъаллъун рукӏа Ватӏаналъул божилъиялъе, ритӏухъаллъун рукӏа нужерго мурад – анищазе.\nНух битӏаги нужее, ватӏаналъул хӏанчӏи.\n* * *\nДагъистаналда буго 1462 школаги, школалда цебесеб лъайкьеялъул 836 идараги. Гъоркьиса гӏумруялде бахъинабуна «100 школа» абураб проект. Гьелда рекъон, гъоркьиса къачӏана 117 школа. 2019 соналда гӏумруялде бахъинабулеб буго «150 школа» абураб проект ва къачӏалеб буго 217 школа. Проекталда гӏахьаллъулел руго бакӏазул администрациялги спонсоралги. Проекталъул аслияб шартӏ ккола бакӏалъул бюджеталъулги спонсоразулги гӏарац хӏалтӏизаби.\n10214 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 23 школа базе федералияб бюджеталдаса биччан букӏана 10 миллиардгун цо млн гъурущ. Республикаялъулаб инвестициязул программаялда рекъонги базе буго 5151 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 17 школаги кӏиго спортзалги. Гьелдалъун рес щвела 18 школалъул 2400-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан лъабго сменаялъул цӏализавиялъе ахир лъезе."}
{"slug": "5665-internetal-ul-giasruyal-ul-giuzrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5665-internetal-ul-giasruyal-ul-giuzrabi", "title": "Интернеталъул гӏасруялъул гӏузраби", "date": "2019-09-09 12:00:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Компьютеразул хӏаяз 12 миллиард гъурущ «кванана»\n«Яндекс. Кассы» абураб интернет-тукабазул кассаялъ ва Data Insight компаниялъ гьабураб цӏех-рехалда рекъон, Россиялда 2018 соналда онлайн-хӏаязул «къайи» босун буго 11,6 миллиард гъурщиде. NewZoo аналитикияб агентствоялъул баяназда рекъон, дунялалдаго компьютеразул ва видеоялъул хӏаязде машгъуллъун вуго 2,3 миллиард чи. «Российская газеталда» хъвалеб буго улкаялда 43 миллион чи машгъуллъун вугин компьютеразул хӏаязде. Гьезда гьоркьоб онлайн (Интернеталъул кумекалдалъун) хӏала 18 миллион чияс. Интернеталъул хӏаязул щивав геймерас (хӏалев чи), гьоркьохъеб хӏисабалда, лъабго моцӏида жаниб цо нухалдагӏаги саламатаб къадар гӏарцулги хвезабулеб буго. Унго-унгояб, рокъоб хӏалтӏизабизе бегьулеб къайи гуреб, дунялалдаго гьечӏеб, цогидаб къагӏидаялъ абуни «маргьабалъа» къайи босун буго 12 миллиард гъурущ гӏарцуде. Гьебщинаб гӏарацги гьорохъ биччан, гӏарац гьечӏилан зигардилелги рукӏуна гӏадамал.\nМаргьабалъа «къайиялъухъ» —\nунго-унгояб гӏарац\nОнлайн-хӏалев чияс унго-унгояб гӏарацги кьун росула персонажал (гӏахьалчагӏи). Хӏаялъулъ тӏаса рищизе бегьула батӏи-батӏиял гӏахьалчагӏи. Хӏалев чияс жиндирго персонажасе босула виртуалияб (унго-унгояб гуреб) къайи. Гьединго хӏалезда гьоркьоб тӏибитӏун буго гурхӏел-рахӏмуялъе гӏарац бакӏариги, гьезда абула донаталилан (донат – кьезе, сайгъат гьабизе). Онлайн-хӏаязда, виртуалияб къайи босун, гӏарац хвезабулеб буго Россиялда гӏумру гьабун вугев миллион чияс, гурхӏел-рахӏмуялъе гӏоло хӏаяздасан гӏарац битӏана 10 миллион чияс. Компьютералъул ва мобильниял хӏаязда хайир гьабула гьел хӏаял гӏуцӏарал гӏадамазги хӏаязул хӏакъалъулъ бицунезги хӏалеб къагӏида малъулезги (стримеры).\nРоссиялда вуго 2000 стример. Гьез хӏаял хӏалеб къагӏида видеоялда бахъун Интернеталда тӏибитӏизабула. Батӏи-батӏиял хӏаязе реклама гьабуралъухъ цо-цо машгьурал стримеразе моцӏрое щолеб мухь миллион гъурщидеги бахуна. Гьезие щолеб хайиралъул 25 процент ккола рекламаялдаса, 60 процент донатазухъ ва 15 процент стримингалъухъ (хӏазе малъи). Батӏи-батӏиял хӏаязда гӏахьаллъулел гӏадамаз виртуалияб къайи босизелъун гӏарацги кьун росула донатал, цо-цояз жидеего рекӏее гӏолел стримеразул картаялде битӏула гӏарацги.\nАслияб къагӏидаялъ онлайн-хӏаязда гӏарац хвезабула 14-54 сон бараз: 46 процент руччабаз ва 54 процент бихьиназ.\nРоссия — 12-абилеб бакӏалда\n«Global Games Market Report» компаниялъ 100 улкаялда гьабураб цӏех-рехалда рекъон, компьютералъул хӏаял ричун росиялъул рахъалъ 12-абилеб бакӏалда буго Россия. 2016 соналда жаниб 1,7 миллиард долларалде хӏаял росун руго россиялъулаз. Видео-хӏаял росиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏалда буго США – 20,5 миллиард доллар, кӏиабилеб бакӏалда Китай – 17,9 миллиард доллар, лъабабилеб бакӏалда Япония — 12,2 миллиард доллар.\nЦӏех-рехазул баяназда рекъон, 2016 соналда дунялалдаго ричун руго 95,2 миллиард долларалде хӏаял. Аналитиказ абулеб буго 2019 соналда дунялалдаго ричулел видео-хӏаязул багьа бахине бугин 100 миллиард долларалде.\nОнлайн-хӏаязда ругезул 80 проценталъ гьоркьоса къотӏичӏого хвезабулеб буго хӏаязда гӏарац. Хӏаязда щивав геймерас хвезабулеб буго, гьоркьохъеб хӏисабалда, лъагӏалида жаниб 3800 гъурущ. Комьютералъул онлайн-хӏаязда хайир гьабун буго лъабго миллион россиялъулас.\n2017 соналда геймераз росарал хӏаязул приставкабазухъ гӏага-шагарго 3,2 миллиард гъурущ ун буго. 2018 соналдайин абуни 3,9 миллиард гъурущ. Хӏаязда гьоркьор бищунго ричун унел ва хайир бугеллъун ккола Фортнайт, Контр Страйк, Дота, Танкабазул хӏай ва цогидалги. 2018 соналда, дунялалдаго гьел тайпаялъул хӏаязда 5,7 триллион гъурущ хвезабун буго (ричун росун ва виртуалияб къайиялъухъ кьун).\nКиберспорт\nРоссиялъул СМИяз хъвалеб букӏана DotA ва Dota2 компьютералъул хӏаял улкаялда гьукъизе ругин, 18 сон базегӏан лъималазе гьел хӏаял гьукъизе кколин, щайгурелъул гьениб каннибализм (гӏадамасул гьан квин), мехтел бихьизабулеб бугин. Гьеб хӏай хӏазе регистрация гьабулелъул, хӏалезул ригьцин цӏехоларо. Амма жакъа къоялдаги бокьараб ригьалъул гӏадамаз хӏалеб буго гьеб компьютералъулаб хӏай. Хӏатта, киберспорт школаздагицин факультативияб дарслъун лъезе бугин бицунеб буго.\nИнтернет цебетӏеялъул институталъ абулеб букӏана хӏалбихьи хӏисабалда школалда киберспорталъул дарсал кьезе лъикӏаб букӏинин. РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъги жаваб кьуна школаз тӏаса бищизе бегьулин жидеего бокьараб факультативияб дарсилан абун.\nРоссиялда киберспорт рикӏкӏуна спорталъул тайпалъун. Компьютералда нахъа гӏодорчӏун батӏи-батӏиял (рагъулал) хӏаязда чӏел босула ва гӏарцулал шапакъатал щола киберспортсменазе. Геймерал гӏадин рекӏелгъеялъе хӏаларо ва хӏаязда гӏарац хвезабуларо гьез, гьелъул гӏаксалда, киберспортсменал гӏахьаллъула кӏудиял аренабазда тӏоритӏулел къецазда ва бергьаразе гӏарац щола. Москваялда буго лъабго киберстадионги.\nКиберспорталъулъе уна Dota 2, League of Legends ва Counter-Strike ва цогидалги анцӏ-анцӏ батӏиял хӏаял. Гьел киналго ккола чӏвай-хъвей гъорлъ бугел хӏаял. Соналдаса соналде киберспорт цебетӏолеб буго, гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏунел руго рекӏелгъеялъе гьел хӏалел геймералги. Киберспорталъул чемпионатал тӏоритӏула ва бергьаразе шапакъатал кьола гьел хӏаял гӏуцӏарал компанияз, гьединго гьеб бизнесалъулъ гӏахьаллъула дунялалдаго бечедал бизнесменал. Киберспорталъул тарихалда, къецазда бергьаразе бищунго кӏудияб гӏарцулаб шапакъат кьуна Dota 2 хӏаялда – кинабниги 87,4 миллион доллар.\nГьединаб гӏарац хвезабилароан, гьелдаса жеги цӏикӏкӏараб пайда щолеб букӏинчӏебани. Пайдайин абуни щолеб буго телефон кодоб кквезе бажараралдаса нахъе нилъер лъималаз хӏалел ругел хӏаяздаса. Нилъер лъималазе кинаб пайдаха гьездаса щолеб бугеб? Хӏаязда чӏвай-хъвей, рагъ, цоцазул къайи бахъи гӏадал зулмабазде ругьун гьариялъ лъималазул психикаялъе кинаб асардай гьабулеб? Лъимал гурелги, гӏолохъабиги гӏемер руго компьютералъул ва видеоялъул хӏаязул геймераллъун лъугьун.\nВахӏшилъиялде ругьунлъи\nДагъистаналдаги дагьал гьечӏо компьютеразулгун видеоялъул хӏаязде машгъуллъарал гӏадамал. Гьезда гьоркьор камуларо хӏаязда къайи босун гӏарац хвезабулелги.\nЦо-цояз компьютералъул хӏаял хӏалел руго хӏалтӏудаса рокъоре щвейгун, свак бичизеян абун. Гьединазда рагӏи кин абилеб хъизан-лъимал хьихьизе гӏураб гӏарацги гьабун, жидеего бетӏер чучиялъе хӏалел ругин абун гурони. Гьел гурелги, дандчӏвалел ругелъул хӏалтӏи щолеб гьечӏин абун рокъорги кӏусун къаси ва къад заман батӏабахъичӏого компьютеразда жанирго «гӏумру гьабун ругел» хъизамалъул бутӏрулги. Дандчӏвала компьютеразул хӏай сабаблъун ратӏалъарал хъизамалги. Гӏемерисел гӏолилал руссунел руго компьютеразул хӏаялъул залаздеги. Цӏехани, гӏарац гьечӏилан абулев гурони чи дандчӏвалареб республикаялда гьединал рекӏелгъеязеги ихтилатазеги гӏарац кисадай щола? Анлъго сон баралдаса нахъе компьютеразул хӏаязде ругьунлъарал лъималазул, кӏудиял гӏураб мехалда, кинаб яшавдай букӏине бугеб?\nАмерикаялъул гӏалимзабаз цӏех-рех гьабуна компьютералъул хӏаял хӏалел гӏолилазул махщалил. Компьютералъул яги цогидал хӏаял хӏаларезде дандеккун геймеразул пикру цо бакӏалде буссин, ракӏалда жо чӏей, хехлъи лъикӏаб букӏин чӏезабуна гӏалимзабаз. Гьез халгьабун гьечӏоан видеохӏаяз инсанасул гӏамалалъе кинаб асар гьабулебали. Амма гӏемерисел гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго вахӏшилъи ва зулму гъорлъ бугел видео-хӏаял хӏалел гӏадамазул унго-унгоги къварилъи ккарав чиясда ракӏ гурхӏи букӏунебго гьечӏин яги гьеб цӏакъ загӏиплъулеб бугин. Ахираб заманалда гӏолилазда ва цӏалдохъабазда гьоркьор гӏемер дандчӏвалел руго компьютералъул хӏаязда кинигин рагъи, цогидазе зарал гьаби. Халгьабидал компьютералъул хӏаязул ратулел руго квешалги лъикӏалги рахъал. Квешал рахъаздаса кинха нилъерго лъимал цӏунилел? Интернеталъул гӏасруялда, компьютеразул хӏаяздаса тӏубанго инкар гьабун бажариларо, амма щибаб жоялъулъ гьоркьохъеб, ай лъикӏаб рахъ батизе рес буго.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "5667-karal-ize-chioge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5667-karal-ize-chioge", "title": "Кьаралъизе чӏоге", "date": "2019-09-09 12:10:49", "categories": ["med"], "text": "Кӏудияб ригьалъул гӏадамазе кьаралъиялъул зарал\nЦӏакъго тӏасан ккараб цӏайи медицинаялда рикӏкӏуна сахлъиялъе заралияблъун. Хасго кӏудияб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъе хӏинкъи бугеблъун ккола кьаралъи, тӏатӏи рекӏин. Гьеб ригьалъул гӏадамазул унтабазул халгьабулеб «Геронтология» медицинаялъул централъул гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго бокьараб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъе унтилъун кколин тӏатӏи рекӏин. Квен бихӏинабиялъул рахъалъ захӏмалъаби ругезул цӏайи цӏикӏкӏунеб буго ва батӏи-батӏиял унтабиги раккулел руго. Гӏемерисеб мехалда кьариял гӏадамазул букӏуна артериалияб гипертония, кӏиабилеб тайпаялъул чакрил диабет, атеросклероз, остеартроз ва цогидалги унтаби. Гьединал унтабаздаса чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал цӏунизе хасал диетаби ва физическиял упражнениял рихьизарулел руго геронтологаз.\nВорхалъиялда рекъараб цӏайи\nЩивав сахав чиясул чорхол борхалъиялда рекъараб букӏине ккола цӏайиги. Гьелда абула чорхол цӏайиялъул индексилан. Щивасда кӏола жиндирго чорхол борхалъиялда рекъараб цӏайи бугищали халгьабизе. Масала, 170 см борхалъи бугев чиясул цӏайи 90 кг бугони, гьесул цӏайиялъул индекс кколеб буго 31,1, гьелъул магӏна ккола гьев чиясул тӏоцебесеб даражаялъул кьаралъи бугин абураб. Кинха гьеб индекс батизе кӏолеб? Инсанасул чорхол цӏайи (90 кг) гьесул ворхалъи метраздалъун бихьизабураб роценалде (1,7) кӏицӏул бикьила, (мисал, 90:1,7:1,7=31,1) ва гьелъул хӏасил таблицаялда дандекквела. Таблицаялда рекъон, рехсараб мисалалда индекс батарав чиясул тӏоцебесеб даражаялъул кьаралъи бугин рикӏкӏуна. Гьеб таблицаялдаса ва чорхол цӏайиялъул индекс борцунеб мисалалдаса пайда босула тохтурзабаз.\nДандбачӏого хӏалакълъуге\nКӏудияб ригьалъул гӏадамазул цӏайи борциналъул къагӏидаян гӏолохъаназул гӏадаб букӏунаро. Чорхол цӏайиялъул даражаялъул бицунеб таблицаги кӏудияб ригьалъул гӏадамазе дандекколаро. Херав чи хӏалакълъулелъул тӏатӏи гуребги ччорбалги цадахъ тӏагӏине бегьула. Гьеб ригьалъул гӏадамал хӏалакълъизеян кваначӏого чӏани, саркопения унти лъугьине бегьула. Саркопения ккола кӏудияб ригьалъул гӏадамазда гьоркьоб дандчӏвалеб, лугбазул ччорбал (рилълъине, рагъаризе хӏажалъулел ччорбал) загӏиплъи. Ччорбал загӏиплъиялъ чорхол къуватги лъугӏизабула, сакъатлъиялде ккола. Гьединлъидал кӏудияб ригьалъул гӏадамазул чорхол цӏайи кколеб даражаялда бугищали халгьабизе биоимпедансометрия абураб къагӏида хӏалтӏизабула. Гьеб ккола хасаб аппараталъул кумекалдалъун инсанасул чорхолъе дагьабго токги биччан ччорбазул къуваталъул халгьабулеб къагӏида. Гьелъ бихьизабула инсанасул чорхолъ кьаралъийищ яги ччорбалищ цӏикӏкӏун ругелали. Гьелда рекъон, гьабула тохтурас даруги, малъа-хъваялги.\nГеронтологазул малъа-хъваял\nГӏолохъанаб мехалда чорхол цӏайи цӏикӏкӏине биччачӏони, херлъараб мехалдаги гьел унтабаздаса цӏунараллъун, ракӏалда жо чӏолеллъун, гӏакълу роцӏараллъун хутӏулин рикӏкӏунеб буго геронтологаз (херал гӏадамазул тохтурзабаз).\nЦӏикӏкӏараб цӏайи бугел гьеб ригьалъул гӏадамазе тохтурзабаз бихьизабулеб буго жиндилъ калориял дагьаб квен ва физическияб хӏаракат цӏикӏкӏинаби. Гьелдалъун цӏайиги дагьлъула. Дагьабгӏаги цӏайи гӏодобе ккейги сахлъиялъе лъикӏаб шартӏлъун рикӏкӏунеб буго. Цӏайи цӏакъго гӏодобе ккезабизе лъугьине ва чорхое гӏакъуба кьезе лъикӏаб гьечӏо, кӏудияб ригьалъул гӏадамазе дагьабго хӏалакълъарабгицин гӏолеб буго сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе.\nКӏудияб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъе кӏвар бугеблъун бихьизабулеб буго белок, гьелъ цӏунула саркопения унти лъугьиналдасаги. Масала, чорхол цӏайи 70 кг бугев чиясе къойида жаниб белокалъул 70 грамм хӏажалъула. Кьаралъи гьечӏеб гьанал 100 граммалъулъ батула 70 грамм белокалъул. Лъикӏаб букӏина кьарияб гуреб гьан, яги гӏанкӏудал яги цогидаб хӏанчӏил гьан, ччугӏа, багӏаргьоло, гьоло квине. Гьединго кӏудияб ригьалъул гӏадамаз щибаб къоялъ 500 граммалдаса гӏодобе ккезе биччачӏого клетчатка, витаминал ва микроэлементал гъорлъ ругел нигӏматал, ай пихъ ва овощал квине бихьизабулеб буго тохтурзабаз. Гӏатӏгояб квен бихӏинабизе кванирукъалъе захӏмалъулеб бугони, пихъилгун овощазул пюре гьабун квинеги бегьула.\nКӏудияб ригьалъул гӏемерисел гӏадамазе жибго рахь дандекколаро. Амма хӏалтӏизаризе бегьула цогидал рахьдал нигӏматал. Къаси йогурт кваналеб бугони, чехь-бакь сахаб букӏина ва гӏадалнахги гӏолохъанго хутӏила. Анкьида жаниб чанго цӏулакьо ва хъабхъил пурчӏун кваналеб бугони, депрессиялдаса ва деменциялдаса (гӏакълу дагьлъи) цӏунун хутӏила.\nКӏудияб ригьалъул гӏадамазул кванил тӏагӏамал хисула. Гӏемерисел, гьитӏинал лъималго гӏадин, гьуинлъиялде ва ханждал кванде рала. Цогидаз цӏикӏкӏун цӏам хӏалтӏизабула. Гьеб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъейин абуни гьеб цӏакъ заралияблъун ккола. Цӏамудаса тӏубанго инкар гьабизе ккола яги гьелъул бакӏалда батӏи-батӏиял специял яги гьел тӏагӏам лъикӏлъизабулел жал гъорлъ ругеб цӏам хӏалтӏизабизе бегьула. Цо-цо херал гӏадамал жалго жидедаго чӏун гӏумру гьабулел хутӏидал цӏакъ дагьго кванала ялъуни, гьелъул гӏаксалда, жидерго къварилъи къинабизе гӏоло цӏакъго гӏемер кванала, гьеб кӏиябго къагӏидаялъ сахлъиялъе кӏудияб заралги гьабула."}
{"slug": "5668-khalk-azda-gorkosel-terroristal-shchushchakh-rikhkhizaruraldasa-20-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5668-khalk-azda-gorkosel-terroristal-shchushchakh-rikhkhizaruraldasa-20-son-tiubayalde", "title": "Халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тӏубаялде", "date": "2019-09-09 12:12:45", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цохӏо эбел-ватӏаналъул васал\nДол къояз рагъ гӏахьалаб букӏана Эльмираеги\nЦӏоб гьечӏел хъачагъаз Дагъистаналъул ракьалда хъубаб хӏетӏе чӏаралдаса ана къого сон. 1999 соналъул июль. Рии тӏадбан букӏана Дагъистаналда. Цо лахӏзаталъ кьерхана дуниял – киса-кирего накӏкӏаз рахчана зобал, гӏодана мугӏрул, гьезул карандасан бецӏцӏизе лъугьана би. Ватӏаналъул кавудал кӏалтӏе тушманги вачун щваразда гьоркьор рукӏарал чарал бахӏарзазда бахъараб ццидал кутакалъ жалго жидецаго кунел рукӏун ратила дол. Тушман тӏаде щвана, имам Шамилил наслабазда дин гьабизе малъизе, Аллагьасе гурони мутӏигӏлъичӏеб халкъалъухъа эркенлъи бахъизе. Гьезда ракӏалдагицин букӏун буго дагъистанияз жидеда дандчӏвай гьабизе, лъикӏ щварайиланги абун, гьоболлъи гьабизе. Цолъараб халкъалъул ццидаца щущахъ риххизаруна гьезул хьулал. Амма мугӏрул рукӏана угьдулел, тушманасул хӏатӏил лъалкӏал бакӏлъун гурел. Гьезда хӏехьезе кӏолеб букӏинчӏо хирияб ракьалда тушманасда хӏетӏе чӏезе малъарал васазул хилиплъи. Дол къояз Дагъистаналда хӏукму къотӏулеб букӏана Россиялъул къисматалъе. Цӏунана дагъистанияз кӏудияб улкаялъул цолъи.\nЦоги нухалда дол къваридал къоял ракӏалде щвезаризеги журналист Эльмира Кожаевалъул «1999 год. Глазами репортера» абураб тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицинеги данделъун рукӏана араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда.\nДол къояз рагъ гӏахьалаб букӏана Эльмираеги. Гьеб байбихьаралдаса лъугӏизегӏанги, гьелъ дагъистаниязе суратаздалъун бицунеб букӏана Болъихъги Цӏумадаги бугелъул хӏакъалъулъ. Рагъул кор боркьарабщиналъуй цее-цее йикӏунаан Эльмира. Гьеб букӏана гӏолохъанай журналисталъул ватӏаналъе ритӏухълъи.\nГьале дица регулел руго гьелъул тӏохьол тӏанчал — цӏидасанги рагӏизе лъугьана тункӏил кьвагьиги, рагъул гъугъайги, руччабазул магӏуги, лъималазул гӏодиги. Гьездаго аскӏоб – бахӏарчилъиги, бихьинчилъиги, къохӏехьейги. Дагъистаналъул цолъиялъулги, гьудуллъи-вацлъиялъулги, гъункиялъулги щулалъиялъул хӏалбихьулел дол къояз мугӏрузул тӏогьиб парпадана ритӏухълъиялъул ва эркенлъиялъул байрахъ.\nЦохӏо эбел-ватӏаналъул васал, Россиялъул солдатал. Долдаса нахъе ана къого сон. Дол къоязул бахӏарчияб гӏелалъ чӏухӏадго дандчӏвай гьабулеб буго Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялде. Батӏи-батӏиял гӏелазул кӏиго бергьенлъи. Чӏухӏадго гьеб ирс хадусел гӏелазухъе кьолеб буго гӏагарал мугӏруз.\nГьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицине ва ракӏалде щвезабизе, цӏияб тӏехь къватӏибе бачӏин авторалдаги баркизе рачӏун рукӏана Болъихъа ва Цӏумадаса ополченцалги, журналисталги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, дол захӏматал лахӏзатаз аскӏор рукӏаралги.\nАбизе бегьула гьеб дандеруссин букӏанин гӏун бачӏунеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъул тарбия кьолеб тадбирлъунилан.\nДандеруссин нухда бачана республикаялда машгьурав журналист Ильман Гӏалипулатовас.\nГьес бицана Эльмирал бахӏарчилъиялъулги, дол къояз гьелъ бахъараб жигаралъулги, гьитӏинаб ватӏаналде гьелъул бугеб кӏудияб рокьулги хӏакъалъулъ.\nЭльмира Кожаевалъул рекӏел хӏалги, хӏалуцинги, цощинаб…илан абураб хӏинкъиги цӏалдолесда батила гьелъул тӏохьол щибаб гьумералда. Унго-унгоги Нугъай авлахъалда гӏурай чӏинчӏикъай гьелъулъ букӏун бугебщинаб бахӏарчилъи! Тӏохьодасан чвахулеб, бецӏцӏулеб буго мугӏрул цӏумал гӏадал васаздаса, дагъистаниязул цолъиялдаса, гьудуллъиялдаса чӏухӏиги, тушманасде бугеб рокьукълъиги ццимги.\nЭльмирада иргадулаб тӏехь къватӏибе бачӏин баркана нугъаязул шагӏир Анвардег Култаевас, Терекли-Мектебалдаса гьалбадерица, Дагъистаналъул Композиторазул союзалъул председатель Хан Башировас, ополченцал Камил Хӏажиевас ва Муртуз Хӏасанхӏажиевас, журналистал Марат Хӏажиевас ва Алик Гӏабдулхӏамидовас, Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ ва цогидазги.\nТӏехьалда гьединго бицунеб буго Цӏияб Лак районалде ва Гъадаралде хъачагъал рачӏиналъулги. Тӏехьалда лъун руго дол къоязул хӏакъикъаталъул хӏакъалъулъ бицунел суратал. Щибго цӏаличӏониги, суратазухъ ралагьарал гӏола, дол къоязул къваридаб къиса ракӏалдещвезе.\nДандеруссиналъул ахиралда тадбиралде рачӏаразе баркала кьуна авторалъ:\n— Дол къоязул нугӏзаллъун ккола тӏехьалда лъун ругел сураталги, Дагъистаналъул мугӏрулги, мугӏрузул борхалъиялдасаги тӏадегӏаналлъун ратарал бахӏарчиял васалги, аскӏор ругел гьалмагъзаби къанщидал, сударал ракӏалги. Амма нилъеда кӏвана Дагъистаналъул гьаракь цоги нухалда дунялалда рагӏизабизе. Дие гьаниб бицине бокьун буго цо лъугьа-бахъиналъулги. Цӏияб Лак районалда цо херай гӏаданалъ жиндирго минаялъув вахчун вукӏун вуго захӏматго лъукъарав гӏурус солдат. Хъачагъазда гьеб лъан буго ва хералда лъазабун буго, солдат вугеб бакӏ бицинчӏони, 14 сон барав гьелъул васасул вас чӏвазе вугилан. Гьеб мехалдаги мукӏурлъун гьечӏо херай. Цинги живго солдат вачӏун вуго къватӏиве. Чӏван вуго хъачагъаз гьев. Чанго соналдасан чӏварав гӏурус солдатасул эбел кӏалъан ячӏун йиго Дагъистаналде жиндир васас гӏумру кьураб, берал къанщараб ракьалъе къулизе ячӏине бокьун бугилан. Гьеб гурищ бахӏарчилъиялъулги гьудуллъиялъулги кӏудияб ва цӏакъго берцинаб мисал. Цогиги бокьун буго дие абизе. Нилъги чачаналги Тӏадегӏанав Аллагьас гӏадада гуро мадугьалзабилъун ккезарун ругел. Нилъеда гьоркьоб гьудуллъи гьечӏони, кӏиябго миллат тӏегьазе гьечӏо. Хъачагъалилан тӏолабго халкъалда абизеги рекъараб гьечӏо. Дагъистаниял руго гӏакъилал гӏадамал. Гӏакълу бергьинчӏони, рахӏму гьечӏолъиялъги вахӏшилъиялъги кверщел гьабула, -ян.\nЛъугӏана дандеруссин. Лъугӏана чӏахӏияб гӏелалъ хадусеб гӏелалъе кьураб Бихьинчилъиялъул иргадулаб дарс. Хутӏана бергьенлъиги, гьудуллъиги, вацлъиги. Цохӏо эбел-ватӏаналъул лъималазул талихӏги. Гьелда хӏур хъвазегӏан, гӏумру кьезе хӏадураб бахӏарчияб наслуги.\nЧан нухалдаха ракӏалде щолел мугӏрул цӏум Мухӏамадзагьидил: «Ниж цохӏо эбел-ватӏаналъул лъимал руго»,- ян абурал рагӏаби…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "5669-monopoliya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5669-monopoliya", "title": "Монополия", "date": "2019-09-09 12:16:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ФАСалъ «хӏанчӏуларого» буго\nДагъистаналде вачӏун вукӏана Россиялъул ФАСалъул (федералияб антимонополияб хъулухъ) нухмалъулев Игорь Артемьев\nМахӏачхъалаялъул аэропорталда гьесда дандчӏвай гьабуна ДРялъул премьер-министр Артем Здуновас.\nРоссиялъул ФАСалъул ДРялда бугеб управлениялда тӏобитӏараб данделъиялда Игорь Артемьевас бицана харжал цӏикӏкӏинариялъул, тарифал чӏезариялъул ва материалиябгун техникияб рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Гьединго бицана Россиялъул регионаз тасдикъ гьабизе кколеб букӏараб конкуренция гьабиялъул рахъалъ планазулги.\n«ФАСалъул хӏалтӏухъаби ккола лъидаго рачӏел, амма республикаялъул нухмалъулелгун рекъон хӏалтӏизе тӏадабги буго. Нижецаги кӏвараб кумек гьабизе хӏаракат бахъила», — ян абуна Артемьевас ишцоязда.\nАртем Здуновас бицана жал хӏалтӏулел ругин цадахъ рекъон ва гьеб рахъалъ республикаялда щибго къварилъиги гьечӏин.\nГьелдаса хадуб ДРялъул бетӏер Владимир Васильевгунги дандчӏвана ФАСалъул нухмалъулев.\n«Хӏалтӏизе байбихьараб къоялдаса нахъе дица абулеб букӏана, федералиял министерствабаз ва ведомствабаз нилъее кумек гьабилин республикаялда низам чӏезабиялъул рахъалъ. Ва нижер гьариялъе тӏоцебе жаваб кьуразул цояблъун букӏана Россиялъул ФАС. Нилъехъе рачӏарал ФАСалъул хӏалтӏухъабаз тӏатинаруна сахлъицӏуниялъул, нухлул магӏишаталъул ва цогидалги идарабазда ратарал хӏиллаби. Нужер кумек щвечӏебани, гьеб гьабун бажарилароан», — ин абуна Владимир Васильевас ва Игорь Артемьевасе кьуна ДРялъул Хӏурматалъулаб грамотаги.\nДагъистаналде чанго нухалда щвана дунилан бицана ФАСалъул нухмалъулес ва абуна бихьулеб бугин ахираб заманалда республикаялда лъикӏал хиса-басиял кколел рукӏин. «Гьеб бихьула власталъул гӏуцӏабазул рахъалдасанги антимонополиял низамал хвезари 70 проценталъ гӏодобе ккун букӏиналдасанги. Дагъистаналъул бетӏерасул кумекалдалъун ва ФАСалъул хъулухъалъул хӏаракаталдалъун бажарана кӏудияб хӏалтӏи гьабун. Лъикӏал хӏасилазде бачӏун буго Дагъистаналда гӏисинаб бизнесалъул гӏахьалчагӏи пачалихъиял закупкабазулъ гӏахьаллъиги, гьезул къадар бахуна 46 проценталде, улкаялдаго бищун лъикӏал хӏасилазул цояблъунги ккола гьеб. Гьелъул магӏна ккола гӏисинаб бизнесалъе банкалдаса кредитал гуреб, жидерго захӏматалъухъ тӏад процентал лъечӏеб гӏарац щолеб букӏинги», — ян бицана Игорь Артемьевас."}
{"slug": "5671-beslanal-ul-sarinal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5671-beslanal-ul-sarinal", "title": "Бесланалъул саринал", "date": "2019-09-09 12:19:07", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Долдаса нахъе ана 15 сон. Гьелгощинал саназул рухӏелги, бухӏиги, магӏуги жеги бакъван гьечӏо\nМалаикзабазул шагьар. Гьедин абула чӏахӏиязул кӏудиял гъалатӏазул къурбаналлъун ккарал лъимал рукъун ругел хабзалазда. Абадияб сихӏкъотӏи. Амма гьеб лъугӏула цо лахӏзаталда, щибаб соналъул лъабабилеб сентябралда. Кӏвар кьун гӏенеккаразул ракӏал гӏекколел ратила, гӏисинал къункърабазул къваридал сариназухъги гӏенеккун. Гьезул щивасул рукӏун ратила жидерго цӏвабзахъе сапарал гьаризе ругел гьайбатал анищал. Гьеб къоялъги гьел рачӏун рукӏун ратила жидерго хӏасратаб кечӏгун. Амма гӏасияб хвелалъ лъукъараб кечӏ жакъаги гӏодулеб буго. Бесланалъул сариназул бухӏи нилъер щивасухъе рещтӏуна санайил бачӏунеб сентябралда.\n— Къункърабазул цӏияб тӏел. 314 къункъраялда гьоркьоб гӏисинал къункърабазул тӏелги — 186 къункъра. 314 тӏубачӏеб анищ, цӏа свараб гъансито. 314 лъукъараб талихӏ. Гьеб жеги чӏаголъулеб гьечӏо. Лъималазул заназда къвалги бан, угьдулел улбузул гӏоди зобалазда гъугъалеб лахӏзат — зоб-ракьалда балеб сири. Чӏварал лъималазул угьи-зигара. Дол ана гӏумруялъухъ ккараб гӏащикъаб рокьиги ракьалда тун. Гьеле гьединал руго Бесланалъул саринал.\nЩай? Сундуе гӏоло? Жаваб щезе гьечӏеб даимаб суал.\n«Ниж мунгун руго, Беслан» абураб акция тӏобитӏана 3 сентябралда Махӏачхъалаялда Гӏурус театралда цебеги. Тахшагьаралъул школазул лъималаз жидерго церерахъиназда ахӏи балеб букӏана чӏахӏиязде жидехъа лъимерлъиялъул талихӏ бахъугейилан.\nГьенибго тӏобитӏана суратал рахъиялъул рахъалъ лъималазда гьоркьор къецалги. Суратаз бицунеб букӏана гьезул анищазулги, талихӏалъулги, гӏумруялъулги. Кӏудияб концерталъул кӏиабилеб бутӏа сайгъат гьабун букӏана талихӏаб лъимерлъиялъе.\nЛъугӏана терроризмалде данде тӏоритӏулел иргадулал тадбиразул цоябги. Амма лъугӏел гьечӏо судулел ракӏазеги, улбузул магӏуялъеги, магӏлъун гьезул къисматалда чӏван хутӏараб хвалиеги. Бесланалъул дарсазул магӏна жакъаги босичӏони, хӏалуцине буго гӏумру. Цо лахӏзаталъ гӏенекке гьелъул сариназухъ.\n— Щивасухъе кунчӏун рещтӏараб бакъги, бакъул чӏоразул кьераз гвангъизабураб талихӏги, талихӏалъул кваркьидакь сасараб лъимерлъиги, лъималазул талихӏалдаса чӏухӏарал эбел-эменги.\nГьеле гьединаб буго гӏумруялъул ахӏи.\nТакрарлъугеги ракьалда Бесланалъул саринал.\nЖакъаги сихӏкъотӏи батила малаикзабазул шагьаралда.\nГӏадамал!\nТӏуркӏизабуге гьеб сихӏкъотӏи. Биччай хабалъ букъун хутӏизе рокьукълъиги, ццинги, тушманлъиги…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "5753-giazhaibab-nigimat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5753-giazhaibab-nigimat", "title": "Гӏажаибаб нигӏмат", "date": "2019-09-18 07:09:02", "categories": ["med"], "text": "Добаса-гьаниса\nГӏалимзабаз абулеб буго инсанасе бищун пайдаяб квен чамасдакӏ бугилан. Гьелда гъорлъ буго 23 аминокислотаги ва 15 минералги. Гӏалимзабаз чӏезабун буго анцӏго чамасдакӏ квани, къойида жаниб чиясе хӏажалъулеб кванил роцен гьелъ роцӏинабулин абун. Гьединго чамасдакӏалъулъ батун буго триптофан абулеб, ай гӏадалнах хӏалтӏизабулеб «нигӏматги». Гьеб хӏажалъула бетӏер хӏалтӏизабун хӏалтӏи гьабулезе. Чамасдакӏалъулъ бугеб селеналъ цӏунула инсанасул черх рак унти ккеялдаса ва щула гьабула иммунияб система.\nЛъимаде йигей гӏаданалъ, ахираб ункъо анкьалъ чамасдакӏ кваналеб бугони, гьелда гъорлъ бугеб окситоциналъ квербакъулеб буго лъимер гьаби бигьалъизабизе ва чӏужугӏадан хехго рукӏалиде ячӏинайизе."}
{"slug": "5755-tsiodorav-vukiine-bokani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5755-tsiodorav-vukiine-bokani", "title": "Цӏодорав вукӏине бокьани…", "date": "2019-09-18 07:31:51", "categories": ["med"], "text": "Кванде кӏвар кьезе кколеб ригь\n10 соналъ чипсал, бакь ва хъахӏаб чед гурони кваначӏев Великобританиялдаса гӏолилав беццлъанин бицунеб буго Интернет-сурсатаздасан. Гьитӏинго гьес инкар гьабизе байбихьана пихъалгун овощаздаса. Гьединаб квенги кьун хӏалбихьиялъе хьихьарал гӏункӏкӏазулги батӏи-батӏиял унтаби раккулел рукӏин ва беццлъулел рукӏин гӏалимзабазги некӏого чӏезабун букӏана. Чӏахӏияз инкар гьабуниги, лъималазда бичӏчӏизабизе захӏмалъулеб буго ахираб заманалда цӏакъго гӏемерлъун бугеб тукадул кванил зарал бугеблъи. Школалде хьвадулеб лъимер щибги кванан букӏунебали киналго эбел-инсуца пикруго гьабуладай? Школалда нилъер лъималаз гӏарацги кьун босулеб квен кинаб даражаялъул бугебали халгьабизе рес бугищ эбел-инсул?\n«Лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» федералияб законалъул № 37 статьяялда бицунеб буго школалъул квен кинаб букӏине кколебали. Гьелда рекъон рихьизарун руго санитариял къагӏидабиги. 2019 соналдаса байбихьун, СанПиналда рекъон, цӏалдохъабазе гьукъун буго школалде рокъоса жидерго квен босизе. Рокъоса цадахъ босараб квен хехго холин ва гьелъ цӏалдохъабазул чехь-бакь унтизабулин абураб гӏилла батулеб буго гьелъиеги. Кинаб квенха школалда цӏалдохъабазе кьолеб? Гьелда хадуб халкквезе рес бугищ? СанПиналда рекъон, школалда лъималазе гьабулеб кванилъ хӏалтӏизабизе бегьуларо ракьа белъун гьабураб гьагӏу, тӏатӏи, маргарин ва къанцӏа. Амма цо-цо намус гьечӏел нухмалъулез лъималазе лъайкьолел бакӏазда, жидеего гӏарац тӏокӏлъизабиялъул мурадалда щарил нахул бакӏалда маргарин хӏалтӏизабулеб, квен гьабизе учузал нигӏматалги росун ратула. Пачалихъалъ чӏобого кьолеб кванида тӏаса дагӏба базе бажаричӏониги, гӏарацги кьун чӏахӏиял классалъул цӏалдохъабаз босулеб кванил халгьабизе ва лъималазе рекъараб квен чӏезабизе ихтияр буго эбел-инсул. Гьезул рес буго цӏалдохъабазе кьолеб кванил жидеего бокьараб меню гӏуцӏиялъе школалъулгун къотӏи-къай гьабизе.\nРоспотребнадзоралъул\nмалъа-хъваял\nИнсанасул сахлъи, гӏакълу ва рухӏияб рахъ цебетӏезе байбихьулеб заман ккола школалда цӏалулеб, ай 7-17 сон базегӏан ригь. Цӏалдохъанасул физикияб ва психикияб сахлъи щула гьабизе ккани, битӏараб квен тӏаса бищизе кколин рикӏкӏунеб буго Роспотребнадзоралъ:\n— Лъимадул чорхолъ кколел физиологиял хиса-басиязухъ балагьун, гьелъул сахлъи цӏуниялъе гӏоло лъимер кваназабизе ккола къойида жаниб лъабго нухалда, гьединго кванил гӏужазда гьоркьоб кӏицӏул дагьа-макъабго жоги квине ккола.\nЖиндирго кколеб заманалда квани квен лъикӏ бихӏинабула ва кванирукъалъулгун бакьазул унтабаздаса цӏунула. Гьединлъидал тохтурзабаз ва диетологаз батӏи-батӏияб заманалда школалде хьвадулел цӏалдохъаби кваназе кколеб хасаб заманги бихьизабун буго. Тӏоцебесеб сменаялда, ай радалалдаса нахъе школалда цӏалулел лъимал кваназе ккола, масала, 7.00-8.00 тӏубазегӏан; кӏиабилеб радал квен – 10.30-11.00; къадеквен – 13.00-14.00; къалъудаса хадуб квен –16.30-17.00; боголиквен кьижилалде сагӏатгун бащдалъ цебе – 19.00-20.00. Кӏиабилеб сменаялда къалъудаса хадур цӏалуде хьвадулел цӏалдохъаби: радал – 7.00-8-00; къаде – 12.00-12-30; къаденахъе – 15.00; боголиквен – 20.00-20.30 тӏубазегӏан квани лъикӏ букӏина.\n— Лъимадуца хвезабулеб энергиялда рекъараб букӏине ккола квенги. Лъимадул ригьалде балагьун, гьоркьохъеб хӏисабалда, къойида жаниб щвезе кколел каллориял: масала, 7-11 сон базегӏан лъимадуе къойида жаниб хӏажалъула 2300 ккал, 11-14 сон – 2500 ккал, 14-18 сон – 3000 ккал.\nЦого къагӏидаялъул гуреб, батӏи-батӏиял нигӏматазул гьабураб букӏине ккола квенги. Лъималазул гӏун бачӏунеб чорхое хӏажалъула гьан, ччугӏа, ханал, овощал, пихъ, цӏулакьодул батӏи-батӏиял тайпаби, хурдузул нах. Лъимал гӏедегӏун кваназаризе бегьуларо, радал, къаде, ва боголида кваназе бащдаб сагӏатгӏаги хӏажалъула, цогидаб квание 10-15 минутги гӏола.\nГъалатӏал\nХӏалтӏуда ругел эбел-инсухъа кколеб хӏалалда лъималазул кванда хадуб халккун кидаго гуро бажарулеб. Хасго шагьаразда гӏумру гьабун ругел гӏемерисел цӏалдохъаби рукӏуна жалго жидедаго. Базаразда, тукабазда яги тӏубараб къоялъ хӏалтӏуда рукӏунел улбузул кидаго гуро рес гӏолеб лъималазе школалде цадахъ босизе квен хӏадуризе. Школалдаги гьез хинаб квен гуреб чипсал, сухарикал, хехго белъунеб вермишель, газ гъорлъ бугеб сок, гьуинлъи ва цогидабги заралияб квен босула. Учительзабазул гӏарзалцин рукӏуна лъималазухъе гӏарац кьогейин, гьез заралияб гурони квен босуларин.\n— Цо-цо лъималаз радалил квандаса инкар гьабула яги цохӏо чайги гьекъон уна школалде. Гьелъиеги гӏиллаби батӏи-батӏиял ратула. Къаси кватӏараб гӏужалда кваналеб ва гьединго кватӏун кьижулеб лъимадул кинабгӏаги гъира букӏунаро радал кваназе. Гьединлъидал къаси макьилго гӏадин кванилги хасаб заман чӏезабизе ккола.\nРоспотребнадзоралъ лъикӏаблъун бихьизабулеб буго полуфабрикатаздаса, ай хехго релъунел нигӏматаздаса тӏубанго инкар гьабизе. Гьединаб кванилъ цӏикӏкӏараб къадаралда цӏам, кьаралъи, махӏ берцин гьабулел жал рукӏуна. Гьединаб кваница лъималазул гуребги чӏахӏиязул сахлъиялъеги кӏудияб зарал гьабула.\n— Цӏалдохъабаз аслияб къагӏидаялда школалъул столоваялда кваналеб квен ккола сосискаби, хот-догал, чипсал, тукадул цӏамхӏалаб квен яги гьуинлъи. Гьеб киналъулго бакӏалда лъимал ругьун гьаруни лъикӏаб букӏина, школалда дарсазда гьоркьоб чипсал гуреб, бакъвараб пихъ, цӏулакьо яги батӏи-батӏияб пихъил пурчӏун кваназе.\n— Цӏалдохъабазе чара гьечӏого къваригӏунеб нигӏмат ккола ччугӏа. Анкьида жаниб кӏиго нухалъгӏаги кваназе ккола цӏалдохъанас ччугӏа. Школалда бугеб квенги, рокъоб гьабулеб квенги дандеккун, лъималазул сахлъиялъе ва гӏакълу цебетӏезабиялъе бищунго хӏажатал нигӏматазул квен чӏезабизе лъикӏаб буго цӏалдохъабазе.\n— Пихъ ва овощал гӏураб къадаралда кунел гьечӏони, цӏалдохъабазул ракӏалда жо чӏеялъулъги захӏмалъаби рукӏуна. Чорхолъ гӏураб къадаралда клетчаткаги витаминалги рукӏине ккани, щибаб къоялда жаниб 300 грамм пихъил ва 400 грамм овощазул кваназе лъикӏаб буго цӏалдохъанасе.\n— Кофеин гъорлъ бугел энергетикияб лъамалъи гьекъола гӏемерисеб мехалда чӏахӏиял классазул цӏалдохъабаз. Газ гъорлъ бугеб гьуинаб лъимги кофеинги жубараб лъамалъиялъ кванирукъалда ругънал лъугьинаризе бегьула, гьелдалъун лъугьуна гастритги язваги. Кофеиналъ нервабазул системаялъе зарал гьабизе бегьула.\nРадал квандаса инкар\nгьабизе бегьуларо\n— Цӏалдохъабазул радал квен чайги чедги гуреб, тӏубараб къоялъ кваназе кколеб кванил 25 процент букӏине кколин лъазабулеб буго диетологаз. Роскачествоялъул специалистаз рикӏкӏунеб буго лъималазе бищунго лъикӏаб радал квен карщал кколин. Масала, бищунго цӏикӏкӏун витаминал ва минералал гъорлъ ругеб карщ букӏуна гречкадул, лъикӏал руго нихадул, цӏоросаролъил ва богӏол карщалги. Маникарщил абуни гьединаб пайда гьечӏо. Бищунго лъикӏаллъун рикӏкӏуна гъуричӏеб могьол гьабураб карщ, ххенон хадуб могьолъ пайдаял жал дагьлъула. Гьез ункъо-щуго сагӏаталъ ракъизе толаро, ххенараб могьол карщицайин абуни кӏиго сагӏатгӏанасеб заманалъ гурони ракъи кколаро.\nЛъеда гьабураб карщалдаса рахьгун гьабураб карщил чехь-бакьалъе пайда цӏикӏкӏараб буго. ВОЗалъул (тӏолгодунялалъул сахлъицӏуниялъул гӏуцӏи) бихьизабиязда рекъон, лъималазе рахьдал нигӏматал къойида жанир кӏиго нухалдагӏаги кьезе лъикӏаб буго.\nКидаго цого карщал лъималазда чӏалгӏине бегьулелъул, цо-цо гьоркьоб ханил яги нисдал гьабураб квенги лъикӏаб букӏина.\nЦо-цоязул гӏадат буго лъимер школалде кватӏулеб бугин абун хехго гьабулеб квен хӏалтӏизаби. Тукабаздаса босулеб радаликваница лъималазул сахлъиялъе зарал гуреб жо гьабуларо. Гьезулъ цӏакъго гӏемер чакар букӏунелъул. Гьелъ лъимадул бидулъ глюкоза цӏикӏкӏинабула, аллергия, чакрил диабет, кьаралъи лъугьинабула.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "5756-tochka-bugo-rost-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5756-tochka-bugo-rost-gechio", "title": "«Точка» буго, «Рост» гьечӏо", "date": "2019-09-18 07:37:35", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дарсал кьеялъе аслиял алатал — доска, мел ва указка\nШамил районалъул Гьолокь росу буго лъабго районалде унеб шагьранухда аскӏоб. Росу буго гӏезегӏан кӏудияб, ва, гьениве щведал, пикру букӏана росдал школаги батилин гьаб заманалъул алатаздалъун хьезабураб ва гьелда рекъон цӏалдохъабазе лъайги кьолеб. Амма хӏакъикъат батана батӏияб.\nМашгьурав профессор Мухӏамад Макъсудовасул цӏаралда бугеб школалъул тарихалъул, гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул, цӏияб цӏалул соналде гьабун бугеб хӏадурлъиялъул, гӏолел-гӏоларел рахъазул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна школалъул директор Гъазимухӏамадов Гӏалиханилгун.\n— Росабазул школазул директорзабазул гӏарз букӏуна лъимал дагьлъун ва учительзаби гӏоларого ругин. Гьеб рахъалъ нужер школалда иш кин бугеб?\n— Жакъа школалда вуго 152 цӏалдохъан ва 33 учитель. Лъабгониги специалист вуго ингилис мацӏалъул. Учительзаби гӏемерлъун, гьезие гӏураб нагрузка кьезе рес гьечӏолъи буго квеш ккараб жо. Байбихьул классазул учительзабазул гурони, тӏубараб нагрузка бугев учитель къанагӏатги гьечӏо.\n— Районалъул цогидал школазда дандеккун цӏалдохъабазе лъикӏаб лъай кьеялъе школалда кинал ресал ругел?\n— 1960 соналда бараб мина буго гьаб. Гьелдаса нахъе (59 сон) школалъе гьабун букӏинчӏо капиталияб ремонт. Тӏох басралъун букӏиналъ, цӏад балеб мехалда, классазда лъим чваххулел бакӏазда гъоркь тӏарсал лъезе кколаан. Къадал жагъаллъун, чердак турун, гордал басралъун, школалда жанире лъугьинего хӏинкъараб хӏал букӏана. Хасало, классазда букӏараб квачаялъ, цӏалдохъабиги учительзабиги пальтобиги ретӏун рукӏунаан. Гьеб ахӏвал-хӏал бихьидал, районалъул бетӏер Хӏасанов Мухӏамадица абуна: «Нуж кингӏаги гьанир хӏалтӏулел рукӏарал?» — ан. Гъоркьиса гьес, «100 школа» абураб программаялде гьоркьобеги бачун, школалъе ремонт гьабиялъе хӏукуматалъул грант щвезабуна. Гьеб гуребги, ремонт гьабизе гӏарцулаб кумек гьабуна ресалда ругел росуцоязги. Жакъа нижер гӏадин чӏухӏун къачӏараб школа дида шагьараздацин бихьичӏо. Кинабго буго берккеялда хӏинкъараб хӏалалда.\n— Материалиябгун техникияб рахъалъ школа кин хьезабун бугеб?\n— Гьеб рахъалъ иш квеш буго. Гӏемерисел алатал руго 30-40 соналъ цере росарал. Ахирал соназ школалъе батӏияб-цӏияб жо щибго щвечӏин абизе бегьула. Цоги предметазулни киб гурин, физика, химия гӏадал кӏвар бугел предметазулги гьечӏо кабинетал гӏуцӏиялъе чара гьечӏого хӏажатал алатал. Гӏелмияб хӏалбихьиги (эксперимент) гьабичӏони, хӏажатал берзул алаталги гьечӏого, кинаб хӏасил букӏинеб гьел предметал кьеялъул?! Жакъа школалда хутӏун руго басралъарал, нусго нухалъ къачӏарал, лъайкьеялъе цӏакъ мукъсанаб гурони пайда гьечӏел алатал. Къокъго абуни, школалда дарсал кьеялъе ругел аслиял алатал ккола доска, мел ва указка. Гьечӏо цониги интерактивияб доска.\n— Дагъистаналдаго лъала гьакьадерил волейболисталги лъетӏахъабиги…. Цӏалдохъабиги росдал гӏолилалги спорталде машгъуллъизариялъе кинал ресал гӏуцӏун ругел?\n— Нижер росдал волейболистазул цӏарал Россиялдаго лъала. Дагъистаналъул волейболалъул командаялда гъорлъ кидаго хӏала ункъо-щугониги гьолокьисев. Россиялъул росабазул командабазул волейболалъул къецазда росдал командаялъ тӏоцебесеб бакӏ босана. Нижеда бищунго захӏмалъараб ва унтараб жо ккола я росулъ яги школалда спортзал гьечӏолъи. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвачӏеб бакӏ течӏо, амма щибго хӏасил кколарого буго.\n— Лъималазе захӏматалъулаб тарбия кьеялъе ва гьезие кинаб бугониги махщел щвеялъе кинал ресал ругел школалда?\n— Мастерская хвана, алатал рекана-тӏагӏана. Кверзул махщалиде лъимал ругьун гьариялъе кинабгӏаги рес гьечӏо, гьединлъидал захӏматалъулаб тарбия кьей цӏалул тӏехьалдаса теория малъиялдалъун тӏубазабула. Ахикь ва бахчаялда цӏалдохъаби хӏалтӏизе ругьун гьариялъулги пайда камилищха.\n— Лъималазул цӏала-къалиялъул рахъ босани…\n— Хӏасилал квешал гьечӏин абила дица. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Араб цӏалул соналъул хӏасил гьабулаго, школалъул цӏалдохъабаз ЕГЭ, районалдаго бищунго лъикӏ (гьоркьохъеб хӏисабалда 75-80 балл) кьуна. Школа лъугӏун арал киналго лъимал лъугьана цӏалул заведениязде. ОГЭялъулги ккана гьединалго хӏасилал. Гьел хӏасилаздаса ниж рази руго.\nНижеца хӏаракат бахъула районалда тӏоритӏулел олимпиадабазда ва конкурсазда гӏахьаллъизеги. Амма араб цӏалул соналъул хӏасилаздаса ниж рази гьечӏо. Гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола, харж мукъсанаб букӏиналъ, гъеж гурун хӏалтӏизе учителасул гъира балеб гьечӏолъи. (Тӏубараб ставкаялда (18 сагӏат) учителасе моцӏрое щолеб буго ичӏазарго, уборщицаялъе 12 азарго гъуруш). Гьеб кколарищ учитель хӏакъир гьави? Тӏадежоялъе къотӏизабуна гъира базабиялъеян кьолеб букӏараб гӏарацги. Оклад цӏикӏкӏинабуна лъикӏ хӏалтӏулесеги, квеш хӏалтӏулесеги цого хӏисабалда. Харж кьеялъул гьеб къагӏида мекъи бугин рикӏкӏуна дица.\n— Щибха букӏине бугеб школалда исана батӏияб-цӏияб жо?\n— «Точка роста» абураб проекталда рекъон, школалда цӏияб къагӏидаялда гӏуцӏизе ккола захӏматалъул ва ОБЖялъул дарсал кьеялъул хӏалтӏи. Гьезие хасал кабинетал къваригӏунин абун, тӏоцебесеб сменаялда хӏалтӏулел рукӏарал цо-цо классал кӏиабилеб сменаялде рачине ккана. Гьеб мурадалда кӏиго класс-рукъ эркен гьабуна, амма гьезда жаниб лъезе гьечӏо гьел предметазе къваригӏунеб цониги алат.\n— Щибха бугеб школалъул коллективалда цебечӏараб аслияб масъала?\n— Коллективалъул аслияб масъала ккола цӏалдохъабазе лъай ва тарбия кьеялъул даража борхизаби, ЕГЭялде ва ОГЭялде лъикӏ хӏадурлъи ва, гьеб мурадалда, Тӏолгороссиялъул хӏалбихьиялъулал экзаменазул хӏасилал лъикӏлъизари.\n— Цӏалдохъаби ватӏан бокьиялде ругьун гьариялъул хӏалтӏи школазда рехун тун бугин абизе бегьула. Гьеб хӏалтӏи нужеца кин гӏуцӏун бугеб?\n— Битӏараб буго, ахирал соназ гьеб хӏалтӏи тӏаса-масаго тун буго. Цебе рагъул гӏахьалчагӏи ахӏулаан школалде, НВПялъул дарсазги гьелъие квербакъулаан. Ветеранал хвана, НВПги тарихалде ана…. Школалда буго рагъул гӏахьалчагӏазул хӏакъалъулъ бицунеб стенд. Хӏасил-калам, нижер школалдаги гьеб хӏалтӏи кколеб даражаялда гӏуцӏун гьечӏо.\nГьелдаго цадахъ материалиябгун техникияб база мукъсанаб букӏиналъ буго школалъул хӏалтӏи нахъе ккезабун. Лъикӏаб лъай кьеялъе школалда чарагьечӏого къваригӏуна кабинеталъулаб система. Цӏигьабун къачӏараб школаги бугелъул, цӏакъ бокьилаан Лъайкьеялъул министерствоялъ ва районалъул тӏалъиялъ гьеб рахъалъ нижее кумек гьабуни.\n— Кин гӏуцӏун бугеб авар мацӏ малъиялъул хӏалтӏи? Авар мацӏалъул дарсазда учительзабаз пайдаго босулищ «Хӏакъикъаталда» рахъарал методикиял ва тарбия кьеялъул темабазул макъалабаздаса?\n— Школалда руго авар мацӏалъул дарсал рачунел специалистал: хӏалбихьи бугей учительница Мухӏамадова Жавгьарат ва гӏолохъанай учительница Гӏумарова Хажа. Буго авар мацӏалъул кабинет, тӏоритӏула батӏи-батӏиял конкурсал, авар мацӏалъул анкьал, машгьурал шагӏирзабазул къоял. Гьолокьа вукӏана Расул Хӏамзатовасул гьудул, машгьурав кочӏохъан Мухӏамад Гӏумаров. Гьев ракӏалдещвезавиялъул мурадалда тӏоритӏула дандеруссинал.\nУчительзабаз хъвала «Хӏакъикъат», гьеб нижее бокьула ва гъираялда цӏалула. Гьенир рахъулел макъалабаздаса учительзабаз жидеего пайда босулин дица абиларо. Амма кӏвар кьечӏогоги толаро.\nНури Нуриев"}
{"slug": "5757-khitsiib-mag-il-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5757-khitsiib-mag-il-e", "title": "Хицӏиб магъилъе", "date": "2019-09-18 07:40:10", "categories": ["obshestvo"], "text": "Халкъал цолъиялъул къоялде\nРузман къоялъ Дагъистаналъул миллиял газетазул журналистазул кӏудияб къокъаялъ сапар бухьине буго Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъе.\nГьел щвезе руго росдал школалде, тарихиял бакӏазде, Хицӏиб магъилъе, Надир-шагь щущахъ виххизавураб бакӏалде. Гьениб бицине буго росдал ва росулъа рахъарал машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ, Надир-шагь щущахъ виххизавиялъулъ дагъистанияз бихьизабураб бахӏарчилъиялъул, къоккедал букъараб зар гӏадин цадахъ рахъине хӏадураб нилъер халкъалъул ва гӏемераб цогидалъулги. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицина газеталъул хадусеб номералда."}
{"slug": "5758-dag-istanalda-vishnevskiyasul-k-oyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5758-dag-istanalda-vishnevskiyasul-k-oyal", "title": "Дагъистаналда — Вишневскиясул къоял", "date": "2019-09-18 07:42:39", "categories": ["obshestvo"], "text": "Машгьураб мазь ва батӏи-батӏиял унтаби сахгьариялъе цӏиял къагӏидаби ургъарав хирург Александр Вишневский кколаан нилъер ракьцояв\nАлександр Вишневский гьавуралдаса 145 сон тӏубай кӏодоги гьабун ва Москваялда бугеб, ай гьесул цӏар кьураб хирургиялъул цӏех-рехалъулаб централъ 75 сон байги хӏисабалде босун, гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана гӏелмияб конференция.\nГьелда гӏахьаллъи гьабуна РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Игорь Рабковас, НМИЦалъул директор Амиран Ревишвилица ва Вишневскиясул тухумалдаса хирург Галина Вишневскаялъ.\nКонференция тӏобитӏизе хӏаракат бахъана А. В. Вишневскиясул цӏаралда бугеб институталъул хӏалтӏухъан, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, травматологиялъул ва ортопедиялъул отделениялъул заведующий Ахӏмадов Багьавудиница, гьединго рехсараб институталъул пластикияб хирургиялъул отделениялъул заведующая Наида Султӏановалъ.\nКонференция рагьана республикаялъул клиникияб больницаялъул азбаралда А. В. Вишневскиясе бараб памятникалда цере тӏугьдул лъеялдасан. Гьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас, Дагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас, Москваялдаса ва цогидал регионаздаса рачӏарал гьалбаз. Гьенив кӏалъазе вахъарав ДГМУялъул ректор Сулейман Маммаевас киназего баркалаги кьуна, заманги батун, Дагъистаналде рачӏаралъухъ.\nГьенисан киналго ана ДГМУялъул гӏелмиябгун лъайкьеялъул инновациялъулаб централде. Гьениве вачӏун вукӏана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги. Гьес бицана тохтурзабазулги гьезул захӏматаб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ.\n— Кин бугониги, дагъистаниял руго цебелъураб масъала тӏубалел ва жидерго хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго гьабулел гӏадамал. Гьеб нилъеда бихьизеги бихьула. Цогидал бутӏабазда хӏалтӏулел дагъистаниязеги хасиятаб буго бергьенлъаби росизе гъира букӏин, — абун бицана Дагъистаналъул бетӏерас.\nДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас бицана Александр Вишневскиясул гӏумруялъулги гьес ракьалда тараб лъалкӏалъулги хӏакъалъулъ.\nА. Вишневскиясул лъикӏлъи дагъистанияздаги кӏочон гьечӏо. Гьесул цӏаралда музей хӏалтӏулеб буго тохтурас гӏумру гьабулеб букӏараб Чирюрталда. Конференциялде рачӏарал гьалбал щвана гьениреги ва бихьана гьес гӏумру гьабулеб букӏараб минаги, хӏалтӏизарулел рукӏарал алаталги.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "5759-rag-al-tana-bidulal-l-alkial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5759-rag-al-tana-bidulal-l-alkial", "title": "Рагъалъ тана бидулал лъалкӏал", "date": "2019-09-18 07:45:56", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "106 ополченцасе — Бихьинчилъиялъул орден\nБолъихъ росулъ рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаги, Афгъанистаналдаги, 1999 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназдаги хварал ракьцоязул хӏурматалда бараб памятник.\nГьеб рагьиялъул байрамалда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги. Гьес ракӏалдещвезаруна 20 соналъ цере ккарал лъугьа-бахъиналги магӏарулаз бихьизабураб бахӏарчилъиги ва гьадин бицана: «106 ополченцасе кьуна Бихьинчилъиялъул орден, 42-ясе – «Ватӏаналъе гӏоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденалъул II-абилеб даражаялъул медаль, 16 чиясе – «Къвакӏиялъухъ» абураб медаль, нус-нус дагъистаниясе кьуна республикаялъул шапакъатал, микьго дагъистанияв мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏаралъе. Гьел лъугьа-бахъиназул заманалда Цӏумада, Болъихъ ва Цӏияб Лак районазул гӏадамазе ккана кӏудияб зарал. Россиялъул президентас кьуна дагъистаниязул бахӏарчилъиялъе кӏудияб къимат. Дун чӏухӏарав вуго жакъа доб заманалъул бахӏарчиял лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазе шапакъатал кьезе рес щвеялдаса. Дир ракӏчӏола, цадахърекъон хӏалтӏани, нилъехъа бажаризе буго Дагъистан цебетӏезабиялъул мурадалда гӏемерал ишал гьаризе», — ян.\nОполченцазе\nшапакъатал кьуна\nБайрамалъул данделъиялда Болъихъ районалъул бетӏер Мухӏамад Патхӏулаевас баркала кьуна В. Васильевасе – районалъе гьабулеб бугеб квербакъиялъухъги кумекалъухъги. Цинги Владимир Васильевас абуна: «Нилъеца кӏодо гьабулеб буго кӏудияб кӏваралъул лъугьа-бахъин. Расул Хӏамзатовас доб мехалда абун букӏана нилъехъе рачӏунел хъачагъазе бокьун букӏанин Дагъистан дагъистанияздаса эркен гьабизеян абун. Халкъалдаги лъикӏ бичӏчӏулеб букӏана лъугьа-бахъунелъул магӏна. Нужеца гӏуцӏана лъикӏлъиялдаса квешлъи батӏабахъулеб фронт. Баркала нужее», — ян.\nРеспубликаялъул бетӏерас бицана дагъистаниязул гӏумруялъе шартӏал гӏуцӏиялъул мурадалда тӏоритӏулел тадбиразулги, гӏумруялде рахъинарулел проектазулги ва гьел гӏумруялде рахъинариялъе меценатазул гӏахьаллъиялъулги хӏакъалъулъ. «Гьединаб цадахъаб хӏаракаталдалъун къачӏана ва рана цӏиял школал. Гьеле гьеб хӏалтӏиялъги нужер бахӏарчияб гьунаралъги цолъизарула нилъ ва гьедин лъугьуна гъункараб халкъ. Президентасги кӏвар кьола нилъеде. Нилъеца гьабулеб ишалъе кумекги гьабула гьес», — ан бицана Владимир Васильевас ва медалал кьуна Цӏумадагун Болъихъ районаздаса ополченцазе.\nМуса Азаев"}
{"slug": "5800-botulizm-bankabazukh-k-arab-zagru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5800-botulizm-bankabazukh-k-arab-zagru", "title": "Ботулизм — банкабазухъ къараб загьру", "date": "2019-09-23 11:42:47", "categories": ["med"], "text": "Палиж унти богорокъобгицин лъугьине бегьула\nДагьал церегӏан къоязда Дагъистаналъул РЦИБялда (инфекциялъу-лал унтабазул республикаялъул центр) сахгьаризе регизаруна ботулизмалъ унтарав чанго чи. Тохтурзабазул баяналда рекъон, унтаразул талихӏ ккун буго жиндир заманалда гьел больницаялде рачӏин.\nСундасаха бахунеб ботулиналъул инфекция? Кин гьелдаса цӏунилел?\nРакьулъ бижулеб инфекция\nРоол ахиралда бачӏин жанибе буссинабулелъул кколеб тохлъиялъул хӏасилалда лъугьине бегьула ботулизм унти. Гӏемерисеб мехалда овощазул консервал къалаго рацӏцӏалъи цӏуничӏони, ай овощалги лъикӏ чуричӏони, цӏарагӏалъе стерилизацияги гьабичӏони, гьенибе ккезе рес буго къуватаб загьру — ботулотоксин. Ботулизм лъугьунеб инфекция букӏине бегьула ракьулъ, гьединлъидал овощазулъе яги кванилъ хӏалтӏизарулел хурдузулъе ккун батизе бегьула гьеб загьру.\nБотулотоксин батизе бегьула хӏадур гьабулелъул рацӏцӏалъи цӏуничӏеб кӏкӏуйдулъ бежараб ччугӏилъ, гьанал тушенкаялъулъ, бакьазулъ, овощазул консервабазулъ ва гӏурдахӏаназулъ. Гьеб загьруялде данде хехго дару гьабичӏев чи хвезеги рес буго. Гъоркьиса ботулизм унти тӏибитӏун букӏана Украинаялдаги, нус-нус чи больницаялде ккана ва чанго чи хвана. Гьединлъидал Дагъистаналъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ лъазабулеб буго республикаялда кколел ругин ботулизмалъул инфекция бахиналъул хӏужаби ва хасалиде овощазул консервабазул нахърател гьабулелъул цӏодорлъи гьабеян.\nБотулизм ккола инсанасул ва хӏайваназул нерваби палижалъ кквеялъул захӏматаб унти. Латин мацӏалдаса буссинабуни, «ботулизм» абураб рагӏул магӏна ккола — «бакь» абураб. Цогидал бактериязул загьруязде дандеккун «ботулотоксин» ккола бищунго къуватаб: гьеб загьруялъул цо микрограмм квенгун цадахъ ургьибе ккарав чиясул чорхол къуват лъугӏизабизе бегьула, дару гьабизе кватӏани – хвезеги рес буго. Бактерий чӏаго хутӏула ва цебеса цебе уна гьавацин гьечӏеб бакӏалдаги. Бактерияз гӏумру гьабизе ва кӏудиял гӏезе бищунго дандекколеб бакӏлъун буго жаниб гьава хьвадулареб консервабазул банка. Нагагь овощазулъе яги цогидал кванил нигӏматазулъе ботулизмалъул асар ккун батани, 120 градусалдаса цӏикӏкӏараб температураялъ гурони гьеб чӏваларо, рокъор консерваби къалаго гьединал шартӏалги гӏуцӏун бажаруларо. Ботулизмалъул микроб хӏинкъула къанцӏаялдаса ва цӏамудаса. Масала, лъикӏаблъун рикӏкӏуна банкаялъуб къалеб нигӏматалъул цо проценталъул къадаралда къанцӏа (уксусная эссенция) гъорлъе гьабизе.\nУнтул хасиятал\nБотулизм релълъараб гьечӏо цогидал чехь-бакь биххиялъул унтабазда. Гьеб инфекциялъ я риххизаруларо, я лагӏдезаруларо. Байбихьуда унтаразул дагьабго ракӏбагъаризабулеб букӏуна, амма лагӏизаруларо, кванирукъ унтула. Гьеб микроб чорхолъе ккун чанго сагӏаталдасан яги чанго къоялдасан, раккула унтул квешал хасиятал: бетӏерсвери, берзул канлъи хашлъи (кӏи-кӏи бихьи, беразда накӏкӏ лъей, кьерал ратӏарахъунгутӏи, берал хъвалисин), къулчӏиялъулъ ва кӏалъаялъулъ захӏмалъаби, кӏал бакъвай, бакьал гьорой, гъиз свари, ччорбал загӏиплъи. Медицинаялъул кумек щвечӏони, лъугьине бегьула ботулизмалъул цӏакъго захӏматал хасиятал – хӏухьел цӏазе кӏунгутӏи ва ракӏчӏей.\nКин цӏунилел?\n1. Овощазул консервабазул банкаби хӏадур гьарурабго холодильникалъур цӏунизе лъикӏаб буго. +6 градусалдаса цӏикӏкӏараб хинлъи бугеб бакӏалда цӏунизе бегьуларо консервал. Нагагь ботулизмалъул микроб банкаялъубе ккун батанигицин цӏорораб бакӏалда гьеб кӏудияб гӏоларо ва кванилъ хӏалтӏизабуниги гьелъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабичӏого къватӏибе бачӏуна.\n2. Ламадуралъул, хъабхъил ва цогидал гъорлъ органикиял кислотаби гьечӏел овощазул яги пихъил консервал къалелъул, лъикӏаблъун рикӏкӏуна кванилъе гьарулел органикиял кислотаби (къанцӏадул яги лимоналъул) хӏалтӏизаризе.\n3. Гӏурдахӏаназул квен яги консервал гьарулелъул, бухӏараб лъеца чуризе ккола. Гьезул консервал рокъор гьаризе лъикӏаб гьечӏо.\n4. Нагагь консервабазул банкаялда къараб тӏалъел къватӏибе бурун бачӏун батани, гьениб цӏунараб нигӏмат кваназе бегьуларо. Бурун бачӏанщинаб банкаялъуб ботулинияб загьру батуларо, кин букӏаниги, гьелдаса цӏунараб лъикӏ букӏина.\n5. Нагагь банкаялъул ахада хъахӏаб гор лъугьун бихьани, гьенирги лъугьун ратула микроогранизмал. Гьединго сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула кьер хисарал яги турараб гӏадаб махӏ бахъарал консерваз.\n6. Кьер яги махӏ хисарал консервал боцӏуегицин кьезе лъикӏаб гьечӏо. Ботулотоксин гъорлъ бугел консерваби ратӏарахъизе захӏматаб букӏуна. Щайгурелъул гьеб загьру гъорлъ бугел консервабазул яги цогидал нигӏматазул я кьер, я махӏ хисичӏого букӏинеги бегьула.\n7. Киналго нигӏматал цого хъорщода къачӏазе бегьуларо. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна гьанае, овощазе, пихъие, чадие батӏа-батӏаго хасал хъарщал хӏалтӏизаризе.\nТохтурасул малъа-хъвай\nБотулотоксин борхьил загьруялдаса 375 нухалъ къуватаблъун рикӏкӏуна. Чехь-бакьалъул унтиялдаса байбихьун нервабазул система хвеялде щвезегӏан зарал гьабула гьелъ. Ботулизмалъул аслиял гӏаламаталлъун ккола берал рагьизе, щибго къулчӏизе кӏунгутӏи, хӏухьел цӏаялъул тартиб хвей.\nГӏадамазде цоцаздаса ботулизмалъул инфекция бахунаро, гӏицӏго квандасан гурони.\nБотулизмалъул гӏаламатал ра-ккидал, унтарасе тӏоцебесеб кумек гьабизе бегьула хехаб кумек тӏаде щвелалдеги. Масала, кванирукъ жаниса чуризе бегьула. Гьеб иш бигьаяб жолъун рикӏкӏаниги, гӏемерисез гьенир гъалатӏал риччан ратула ва унтарасул хӏал жеги захӏмалъизабула.\nКванирукъ жаниса чурулелъул, тӏоцебесеб иргаялда, лъим хинлъизабула черхалъул цӏа-каналда рекъон; цебе-хадуб 2-5 стакан хинаб лъел гьекъела (гьитӏинаб лъимадуе лъим дагьаб кьезе ккола); лагӏизе бачӏинабила; бацӏцӏадаб лъим лагӏизегӏан гьебго жо такрар гьабила; инсанасул ригьалда дандекколеб энтеросорбент (кванирукъалъул ва бакьазул хӏалтӏи рукӏалиде ккезабулел дарманал) кьела унтарасе.\nКванирукъ жаниса чурулелъул цӏорораб лъим хӏалтӏизабизе бегьуларо, гьелъ «загьруяб квен» бакьазухъ хехго тӏибитӏизабула; бегьуларо кванирукъ чуризесеб лъелъе марганцовка базеги, гьеб лъелъ лъикӏ жубан гьечӏони, бакьалда бухӏараб ругъун лъезе бегьула; лъавудаса арав чиясулги кванирукъ чуризе бегьуларо.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "5801-shchibab-ragiul-khiisab-gabize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5801-shchibab-ragiul-khiisab-gabize-kkola", "title": "Щибаб рагӏул хӏисаб гьабизе ккола", "date": "2019-09-23 11:44:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Эбел-инсуца бицараб хабар цо-цо мехалда лъималазда гӏаксалда бичӏчӏула\nКумекалъейилан гьабураб малъа-хъвайцин лъималаз рикӏкӏуна жалго хӏакъир гьарилъун ва хъачӏлъилъун. Гьединлъидал бокьун буго, лъималазда кӏалъалеб мехалда, гьезие тарбия кьеялъул мурадалда гьезда киданиги абизе бегьуларел рагӏабазул хӏакъалъулъ бицине.\nЧӏаха, цо дада вачӏинегӏан\nГьедин абураб мехалда, лъимералда рагӏула: «Кватӏичӏого дуе гӏадлу гьабизе буго, амма дир гӏайибалдалъун гуребха», — ян. Эбелалъул рагӏабаздасан лъимералда бичӏчӏула, къаси рокъове вачӏунаго, дадаца сайгъат бачӏунареблъи ва, жинца малъараб гьабунгутӏиялъухъ, хӏеренай бабаца гуреб, кьварарав инсуца «тамихӏ» гьабизе бугеблъи.\nЩай бегьулареб гьедин абизе? Тӏоцебе абуни, гьелдалъун эбелалъ лъимералда бичӏчӏизабизе буго, гьелъие гӏадлу гьабун эбелалъухъа бажарулареблъи ва гьелда лъалареблъи щиб гьабизе кколебали. Кӏиабизе бугони, гьединал рагӏабаз бижизабула инсул хӏакъалъулъ квешаб пикру. Щивав инсуе гурелъулха бокьулеб жив вахӏшияв инсан кколин абураб пикру лъимадул рекӏелъ рещтӏинабизе. Жив вачӏиналдаса лъимер бохизе бокьула инсуеги.\nЦониги жо гьечӏо дур\nЩиб рагӏулеб лъимералда? «Дур ругелщинал жал хӏакъикъаталда ккола дир. Хӏатта дур расанкӏабицин! Лъан букӏа – нагагь рокъоса къватӏиве ани, щибниги босуге цадахъ».\nЛъимералда ракӏалде ккезе бегьула, малъараб гьабуларев чи вугониги, жиндир ихтияр гьечӏин эбел-инсуца жиндие гьарурал сайгъатазул бетӏергьанлъун вукӏинеян абун. Буго улбуз хӏалтӏизабулеб цоги къагӏидаги – «гьабсагӏаталда дур киналго расанкӏаби нахъе рехила дицаян» лъимералда лъазаби.\nЩай бегьулареб гьедин абизе. Лъимал хӏинкъизарула гьединаб лъазабиялъ. «Щай дир щибниги гьечӏеб? Дир бусен, велосипед, тӏахьал лъолеб шкаф… гьеб кинабго дир кколарищ?» — гьеле лъимадул пикраби. Кӏиабизе абуни, гьедин абулеб мехалда нилъеца лъимералда бихьизабула рокъоб бугеб хирияб къайи нилъее инсанасул рекӏел асаралдаса хиралъун ругеблъи.\nДунги дадаги гӏумруялъго\nхӏалтӏулел руго дуе гӏоло\nЩиб рагӏулеб лъимералда. «Вабабай, гьез дие кьуна гӏумру, дицайин абуни, дарсалцин лъазаричӏо жеги. Гьелде тӏадеги, гьезде ццим бахъунги вуго. Кигӏан мекъаб гӏамал бугеб дир?! Гьадинал лъикӏал эбел-инсуе мустахӏикълъуларо дун» — гьеле лъимадул пикраби.\nЛъабго бакӏалдаги хӏалтӏун, нужее гӏоло хӏаракат бахъулеб буго нижеца, дуцайин абуни, бакъанида бече рокъобе бачинчӏо! Вацгун вагъана! Гьел рагӏабазги тӏамулел руго эбел-инсул тӏокӏлъи бичӏчӏизеги лъималаз гьезие баркала кьезе кколеблъи лъазеги.\nЩай бегьулареб гьедин абизе. Гьединаб бадибчӏваялъ лъимералъул ботӏроде бегизабула гӏагарал чагӏазул гӏумруялъулги сахлъиялъулги рахъалъ кӏудияб жавабчилъи. Гьелде тӏадеги, гьелдалъун эбел-эмен рихьула ракӏ гӏатӏидаллъун ва лъимал – вахӏшиял чагӏилъун.\nДуца малъараб гьабунгутӏиялъ\nхвалде рехула дун\nГьедин абула эбелалъ ццим бахъараб мехалда ва ракӏ къварилъун бугони. Гьел рагӏабазул магӏна буго эбел Гӏизраил малаикасул къурбан кколин абураб.\nЩиб рагӏулеб лъимералда. «Вай, Аллагь! Эбел хвезе йиго. Кин гьеб ккараб? Дица инкар гьабуна кваназе…».\nЩай бегьулареб гьедин абизе. Жиндир рекӏел асаралъулги свакалъулги жавабчилъи бегизабула гьеб киналъулго жаваб кьун бажарулареб лъимералъул гъуждузде. Гьел рагӏабаз цин лъукъула лъимадул ракӏ ва хадубккун гьелде кӏварго кьоларо. Хасго цо къоялда жаниб чанцӏулго «эбел холей йигони».\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "5810-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5810-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2019-09-23 11:48:11", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кваналарин чӏун руго «афгъанцал»\nГьоболасде гӏарз гьаби рекъон\nбукӏинарилан сабур гьабун рукӏана\n17 сентябралда Махӏачхъалаялъул «Афгъаназул» паркалдеги рачӏун, лъебергогӏанасев афгъаназул рагъул гӏахьалчияс лъазабуна жидер мурад тӏубачӏого жал гьаниса нахъе ине гьечӏин ва кӏалдиб мочӏу лъеларин. Гьезин абуни тӏалаб гьабулеб буго законалда рекъон анцӏ-анцӏ соназ цебего гьезие кьезе кколеб букӏараб мина-рукъ яги гьелъул бакӏалда — жилищнияб сертификат.\nГьеб ккола «афгъаназ» цебегоялдаса нахъе борхулеб бугеб, басралъараб, херлъараб, амма тӏалъиялъ кинго тӏубазабуларого бугеб захӏматаб масъала. Масала, исана 15 февралалда, Афгъанистаналдаса советияб аскар нахъе бачаралдаса 30 сон тӏубаялъул хӏурматалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб митингалда, ДРялъул захӏматалъул министрасул заместитель Зураб Бахӏамадовас абун букӏана 400 «афгъанасе» субсидия кьунин, хутӏаразе кватӏичӏого кьезе бугин.\nГьанже ракъунчӏей лъазабураз абулеб буго жидее хӏажат бугин республикаялъул бетӏер Владимир Васильевгун дандчӏвазе ва гьесда цебе мина-рукъалъул суалги лъезе. «Гьединго борхизе буго санаториябгун курорталъулаб сахгьариялъул центр баялъул масъалаги, — ян абуна Афгъанистаналда разведротаялда хъулухъ гьабурав Хӏасани Хӏасаниевас. — СМИялдасан цӏалана, цере обкомалда, райкомазда хӏалтӏарал хӏакимзабазул пенсиялде тӏаде жубазе бихьизабун бугин 49 млн гъурущ. Гьезие кьезе батулеб гӏарац, нижее кьезе щайха батулареб?! Гьелъул бицун В. Путиниде гӏарз бахъилин рукӏана. Нилъехъе гьоболлъухъ вачӏарав чиясде гӏарз бахъизе рекъон букӏинарилан сабру гьабун тана».\n«Афгъанав» Селим Селимовас бицана 11 чигун цадахъ жив гӏумру гьабун вугила 27 квадратияб метр гӏатӏилъи бугеб рокъов.\n«2008 соналдаса нахъе нижеца хитӏаб гьабичӏебги ниж щвечӏебги бакӏ хутӏичӏо. «Добго хурив довго Мусайин» абухъе буго ахӏвал-хӏал. Малъкъосиналъ рахъана къватӏире. Хӏасил ккечӏого нахъе инеги ракӏалда гьечӏо. Нижеца цереги тӏоритӏана батӏи-батӏиял акциял, амма республикаялъул хӏукуматалъул вакилзабазул гьариялда рекъон ва рагӏи кьеялда божун нахъе унаан. Амма гьаб нухалда гьедин букӏине гьечӏо. Хӏисаб гьабе, жакъа республикаялда жилищнияб сертификат кьоларого къварилъиялда вуго гӏага-шагарго 1500 «афгъанав», — ан бицана Мухӏамаднаби Мухӏамадшариповас.\nДРялъул Захӏматалъул министерствоялъул баяназда рекъон, рукъ щвеялъе иргаялда вуго 800 «афгъанав», гьелъие къваригӏуна миллиард гъурщидаса цӏикӏкӏараб къадар гӏарцул. Хӏисабалъулаб палатаялъул нухмалъулесул рагӏабазда рекъон, хӏукуматалъухъа бажарулеб гьечӏо республика цебетӏезабиялъе биччараб гӏарцудаса тӏубанго пайда босун, ай гьеб хӏалтӏизабун. Тӏоцебесеб сентябралде нахъе хутӏунги буго 19,475 миллиард гъурущ. Гьеб нахъбуссун Москваялдего битӏизе кколеб буго. Амма гьебго заманалда 800 ветеранасе мина-рукъалъул сертификат кьезе къваригӏунеб цо миллиард гъурущ батулеб гьечӏо.\nНури Нуриев"}
{"slug": "5811-bakhiarchil-iyal-ul-nukhazukh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5811-bakhiarchil-iyal-ul-nukhazukh-e", "title": "Бахӏарчилъиялъул нухазухъе", "date": "2019-09-24 06:41:45", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мугӏрул ругебгӏан мехалъ, мугӏрузда кӏоченаро\nНахъеги – магӏарухъе\nГьале иргадулаб нухалъги магӏарухъе сапар бухьана. Гьаб нухалда – Гъуниб районалъул Сугъралъе. Каранда жаниб гьунарого бугеб ракӏги кечӏ ахӏизе лъугьана. Саналги анагӏан, ботӏрол расазда савуги кколеб гӏужалда, цӏакъго хиралъулеб букӏун буго магӏаруллъиги мугӏрулги. Сундухъха кьелеб гьелъул берцинлъиги беричлъиги!\nНижеда, «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазда, цадахъ рукӏана тӏоцебесеб нухалда магӏарухъе щолел ругел республикаялъул миллиял газетазул ва журналазул мухбирзабиги. Гьел пана гьарун рукӏана цӏумазул борхалъиялда бугеб магӏаруллъиялъ. Гьездасаги цӏакъ паналъун йикӏана дунгоги, тӏоцебесеб нухалда магӏарухъе щолей йигей гӏадин. Гӏажаибго берцин бугоан гьеб гьаб нухалдаги.\nБайбихьана Хӏамзатил Расулил асаразулъ жинца хасаб бакӏ кколеб Гъуниб район. Киса-кирего – рорхатал мугӏрулги, хасалихълъиялъул кьер чӏвазе байбихьараб тӏабигӏатги, тӏабигӏаталъе кинидахъ кечӏ ахӏулеб бугеб гӏумруги, гӏумруялъухъ гӏащикълъи бергьарал щобалги, иццалги, гӏадамалги. Талихӏги гӏажаибго сасараб буго гьаниб, лъиениги квалквалги гьечӏеб. Нижеде дандего бачӏана къункърабазул кечӏги.\nГьаб нухалда гьез ахӏулеб бугин кколеб букӏана некӏсиял умумузул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъ нижее цоги нухалда гьурщана 1741 соналъул 15 сентябралда Дагъистаналъул халкъазул вацлъиялъги, цолъиялъги, гьудуллъиялъги Ираназул шагь Надирги гьесул боялги щущахъ риххизариялъул хӏакъалъулъ. Бидуца хъвараб гьеб бахӏарчияб тарих ракӏалдещвезабизелъидалха ине ругел магӏарухъе. Щвезе руго Сугъралъе ва гьелда аскӏоб бугеб шагьас ханжар дализе биччараб, гьесул чу галадараб Хицӏиб магъилъеги.\nБахӏарчияб тарихалъул\nкӏудияб кесек\nТӏоцее Сугъралъе щолей дун дагьайго хӏинкъун йикӏана росулъе рачӏунел сверабаздаса. Унго, гьезул борхалъи! Гьале росу. Гьенире ниж щолаго, рагӏана къадекакде гӏадамал ахӏулеб будунасул роцӏараб гьаракь. Балагьун бер гӏорцӏулареб гьайбатлъи. Цоязул азбарал цогидазул тӏохаллъун кколел минаби сокӏкӏун руго мугӏрул каранда. Доб кӏудияб мегӏералъул тӏогьие яхани, квер базе щолеб бакӏалда ругел накӏкӏалги. Бокьун букӏана цо дагьаб мехалда маргьаялъул яслъун лъугьине. Накӏкӏахъеги йоржун, гьелги ккун, гьулакалда гӏадин, гьелчезе. Гьале гьал накӏкӏаз ячинагури дун магӏаруллъи бихьизе. Гьенисан, биччан гьаракьгун, ахӏила цинги дица чӏахъаги магӏаруллъийилан. Гьале доб магӏарулазул тарихалъул кӏудияб кесек. Цӏидасанги нахъехун регулел руго тарихалъул тӏанчал. Гьале чӏваданалде сверулеб бугеб наиб Хуршил Мухӏамадил мина. Росдаде дандбитӏун бугеб кӏудияб мугӏрул каранда рукӏарал вахӏшиял рагъазулги бицана нижее. Цебе росу букӏун буго мугӏрул ахалъуда бугеб кьурул каранда — селабакь. Гьеб бухӏун буго ва росу цӏидасанги бан буго Мугӏрул каранда, рекьизе ракьалги цӏунун, цоцазда аскӏор цун. Гьелъулги гьесул бетӏергьанасулги хӏакъалъулъ бицана Гӏали Камаловас. Минаялъул цо бутӏа кьун буго росдал библиотекаялъе. Гьенире жаниреги лъугьана ниж. Жеги хутӏун ругоан библиотекаялъул цӏалдолелги. Столалда сокӏкӏун ругоан магӏарул мацӏалда къватӏире рачӏунел газетал ва журналал.\nХадусеб сапар нижеца гьабуна росдал музеялде. Бахӏарчиял умумузул рукӏа-рахъинги, хьвада- чӏвадиги, гӏамал-хасиятги – гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицана нижее музеялда ругел тӏагӏалабазги хъвай-хъвагӏаязги. Сугъулдерил тарихалъул хӏакъалъулъ бицана тарихалъул учитель, гӏемерал соназ росдал школалда директорлъун хӏалтӏарав Ахӏдуханов Мухӏамадица ва музеялъул директор Гӏумаров Хӏамзатица.\nГьезул къисабазухъ гӏенеккарай дие рахӏат толеб букӏинчӏо пикрабаз зама-заманалдасан гьабулеб гьужумалъ. Божизе захӏматаб хӏакъикъат. Гьеб кинабго уяб бугилан гъулбасунеб букӏана даимал нугӏзаллъун жал ругел мугӏрузги. Дагъистаналъул киналго халкъазул бутӏа жиндилъ бугеб Надирида тӏад босараб бергьенлъи хутӏизе буго умумузул бахӏарчилъиялъул мугьрулъун. Жакъасеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисаллъун.\nКӏиго бахӏарчилъиялъул дандчӏвай\nДагъистаналъул халкъазул цолъиялъул исанасеб байрам цолъана цоги бахӏарчилъигун. Халкъазда гьоркьосел террористал Дагъистаналдаса нахъе хъамуралдаса тӏубана 20 сон. Жеги бакъвачӏеб магӏуялъ цоги нухалда ахӏулеб, гьарулеб буго нилъеда рагъул кьогӏлъи тӏокӏалъгӏаги лъазе биччагейилан. Киехун ялагьаниги, рихьулел рукӏана бидул лъалкӏалги улбузул, яцазул, лъудбузул магӏуялъ бухӏизабураб ракьги. Гьеб ракьалда хӏетӏе чӏолелъулги, рекӏелъ хӏунсараб гӏадаб асар гьабулеб букӏана.\n— Гьенирги рукӏун ратилин жаназаби, гьаб цояб рахъалдаги рукӏун ратилин, — абураб хӏинкъиги бачӏунеб букӏана рекӏелъе. Кӏиго кӏудияб бахӏарчилъиялъул дандчӏвай. Гьеб кинабго букӏине букӏинчӏо, киналго цо гӏадин, цолъун рукӏинчӏелани.\nКӏиго батӏияб гӏел, кӏиго батӏияб наслу, кӏиго батӏияб бергьенлъи. Амма гьеб киналъулго буго цохӏо магӏна – щиб заман бачӏаниги, щив бетӏерлъуде, нухмалъуде вачӏаниги, халкъ цолъун бугони, гьеб кидаго тӏадегӏанлъиялда букӏуна. Лъиданиги, киданиги кӏвезе гьечӏо нилъ къуркьизаризе. Кӏиго бергьенлъиялъул, кӏиго бахӏарчилъиялъул гӏахьалчагӏи. Гьел хутӏила нилъееги нилъеда хадур рачӏунезеги ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисаллъун. Цохӏо мугӏрузда берчӏвараб гӏола, рекӏелъе бихьинчилъиги бахӏарчилъиги рещтӏине.\nРосдал гимназиялъул директор Хачалова Патӏиматица мугӏрул чӏужугӏаданалъул недегьаб гьимигун гьуинаб хабаргун къабул гьаруна ниж. Гьекъолаго чайгун, кидаго гӏадин, бицана школалъулги, гьелъул гӏузрабазулги, гӏун бачӏунеб бугеб гӏелалъулги, магӏарул мацӏалъулги хӏакъалъулъ.\nУмумузул адаб ккурал лъималги ратана гьенир. Кидаго ниж лъалел рукӏарал кинигин, нижеда цӏехолдана гьел, кумек хӏажат бугебищиланги гьикъулеб букӏана. Кинабго — магӏарул мацӏалда. Гьеб мацӏ дагьабги кӏарчанго букӏана сугъулдерил мацӏги гьоркьобе жубайдал.\nНилъ хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо магӏарул яхӏ-намусалъулги, гӏаданлъи-гӏадатлъиялъулги, хьвада-чӏвадиялъулги, адаб-хъатиралъулги. Гьеб кинабго жеги цӏунун буго магӏарухъ.\nХалкъазул цолъиялъул\nцоги гьитӏинабго мисал\nДагъистаниязул цолъиялъул цоги мисаллъун ккола сугъулдерил хабзалалъ Мухӏамад Ярагъиясул хоб букӏинги. Гьенибго зияратги буго. Бихьулеб буго гьелда хадуб хъулухъ гьабулеб букӏинги. Гьенире зияраталъ гӏадамалги рачӏунел руго. Нижги щвана гьенире.\nБахӏарчияб дир магӏарул халкъ. Дуда бихьанщинаб къо, дудаса бецӏцӏанщинаб би, дуца тӏурабщинаб гӏетӏ. Амма дур магӏу къабуллъичӏел мугӏруз жакъаги чӏухӏадго бицуна дур къиса. Дур бахӏарчилъиялъе гурони бутӏрул къуличӏел гьезул тӏогьазда пахруял ва чӏухӏарал цӏумаз гурони тӏавап гьабичӏо ва гьабизе гьечӏо. Гьел цӏумазул сипаталда буго дир гӏагараб магӏарул халкъги.\nЩибаб ганчӏил буго\nжиндирго къиса\nГьалеха ниж Сугъралъ росдада аскӏоб бугеб Хицӏиб магъилъ. Гьаниб щибаб ганчӏил буго жиндирго къисаги тарихги. Гьанир эхетун ругел сияз, сихӏкъотӏун чӏаразул ракӏал сороледухъ, черхалда гъаргъар баледухъ, бицунеб буго Ираналъул шагьасде данде Дагъистаналъул халкъалъ гьабураб къеркьеялъул хӏакъалъулъ.\nБахӏарзал ракӏалдещвезарулеб лахӏзат. Кӏалъазе рахъана ва магӏарул халкъалъул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас, росдал тарихалъул музеялъул директор Хӏамзат Гӏумаровас, Сугъралъ росдал бетӏер Хӏусен Гӏалибеговас, Гъуниб районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Гӏисаевас, жамгӏияв хӏаракатчи Денга Халидовас, профессор Мухӏамадхан Мухӏамадхановас, Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев Зикрула Илясовас, республикаялъул Хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул секретарьлъун хӏалтӏарав Ахӏмаднаби Магьдихӏажиевас, бухьеналъул, информатикаялъул ва коммуникациязул министрасул тӏоцевесев заместитель Мухӏамадбег Ахӏмадовас, республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ.\nГьелдаса хадуб росдал школалъул цӏалдохъабаз бихьизабуна литературиябгун музыкалияб композиция.\n— Ниж руго бахӏарчиял умумузул бахӏарчиял наслаби, — ян абулеб букӏана гьезул церерахъиназ. Гьезул гьаялъеги гьеб къоялда нугӏлъи гьабулеб букӏана долго мугӏруз. Гьезул рагӏаби тасдикъ гьарулел рукӏана бахӏарчилъиялъул махӏ бахъараб Хицӏиб мегъалъ.\nГьениб бижараб харил щибаб сумалда жегиги бугоан бидул ва бахӏарчилъиялъул махӏ. Гьединал рукӏана нилъер умумул. Батӏияллъун рукӏине рес нилъерги гьечӏо.\nКъо-мех лъикӏ, Хицӏиб мегъ\nГьеле гьединаб пайдаяб сапаралдалъун кӏодо гьабуна нижеца Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Гьелъул хӏакъалъулъ бицина дица дирго цӏалдохъабазеги. Бицина бидуца лъалъараб магӏарул ракьалъул. Бицина жакъаги гьезул бахӏарчилъиялъе бутӏрулги къулун ругел рорхатал мугӏрузул хӏакъалъулъ. Бичӏчӏизабила цӏалдохъабазда, мацӏалдаса инкар гьабуни, гьеб бахӏарчилъиялдаса нилъ махӏрумлъизе рукӏинги. Ракӏалдещвезабила Хицӏиб магъилъ бижараб бергьенлъиялъулги.\nГьеб кинабго – Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул хӏасил.\nКъо-мех лъикӏ, Бахӏарчияб мегъ, къо-мех лъикӏ, умумуз жидер эркенлъиялъе гӏоло би тӏурал, гӏумру кьурал кьварарал мугӏрул. Дир гьаракь дандерижилъун багъулеб бугин кколеб букӏана Хицӏиб мегъ цӏунун ругел мугӏрузда…\nХадурагӏи\nЛъугӏана Дагъистаналъул халкъазул цолъи кӏодо гьабураб, бахӏарчилъиялъеги багьадурлъиялъеги бутӏрул нилъеца санайил къулулеб байрам.\nАмма цо гьадинаб пикруги бачӏана ботӏролъе — щай нилъ цоцазухъе раккизе бегьулареб ракълилаб заманалдаги, ай кидаго. Щай цолъизе бегьуларел, миллатазул хаслъиги мацӏалги, гӏадаталги цӏунулелъул!? Щай бегьуларел цолъизе, миллаталъул вакил борхалъуде унелъул, гьелъул гӏаксалда, гьесул гӏунгутӏаби ралагьизе лъугьинчӏого. Лъица квалквал гьабулеб бугеб нилъее даим цолъун рукӏине!?\nРагъалищ даим къваригӏине ругел, нилъ цолъизе ккани. Ракълилаб цолъи дагьабги берцинаб гьечӏищ!? Гӏумру тӏегьалеб буго, гьелда талихӏалъул махӏ буго, ракълилал кучӏдузул цӏураб сверухълъиялда тӏибитӏун бугеб гьайбатлъи. Гьеле гьедин букӏина, кидаго цолъун ругони. Рачӏа цолъизе лъималазе ватӏан бокьизабиялъулъги, рачӏа цолъизе гӏумруялъул гӏидраялда тӏугьдузул махӏ букӏиналъе гӏологи, рачӏа цолъизе…\nРачӏа цолъизе нилъерго гӏаммаб рукъ Дагъистаналда даимаб рии букӏиналъе гӏоло…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "5880-k-ismatal-ul-k-al-aral-chioral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5880-k-ismatal-ul-k-al-aral-chioral", "title": "Къисматалъул къалъарал чӏорал", "date": "2019-09-30 07:12:26", "categories": ["med"], "text": "Даимаб цӏадул хинлъиялъухъ\nРатизе рокьула лъикӏал гӏадамал\nИнсанасул гӏумруги рукӏа-рахъинги дагьабги берцин гьабула сверухъ ругел лъикӏал гӏадамаз, цӏиял гьудулзабаз ва лъай-\nхъваяз. Нилъер къисматалъулги цо чӏор буго, лъикӏал гӏадамазда гурони кунчӏизабизе кӏолареб. Написат Рашидова лъараб къоялъ къалъараб дир къисматалъул чӏор даим къалъахъе хутӏизе букӏиналда ракӏчӏана гьелъулгун хабаралдаса хадуб. Щийха кколей Написат Рашидова? Тахшагьаралъул Редуктор поселокалда гӏумру гьабун ругел киназдаго лъала гьей хӏикматай магӏарулай. Сундулъха бугеб гьеб хӏикмалъи? Тӏоцее йихьулей, лъалей дида кидаго лъалей гӏаданалда гӏадаб дандчӏвай гьабуна гьелъ. Гьелъулъ батана гӏаданлъиги гӏадатлъиги. Бералги рукӏана гьелъул гьимулелго гьимулел. Рекӏел матӏуйилан абуларищха беразда.\nНаписат Рашидова ккола Махӏачхъалаялъул №1 больницаялда цебе бугеб поликлиникаялда хӏалтӏулей участкаялъулай тохтур-терапевт. Хӏалтӏул къоялъул ахир бугиланги абун, бакъанида гьение щварай дун лъикӏ мехалда гӏодой чӏезе ккана. Написатил хӏалтӏул къо гьанжего гьанже байбихьараб гӏадин букӏана. Ирга щвезегӏан, къватӏир гӏодор чӏараздаги гьикъана дица гьелъул хӏакъалъулъ. Киназулго букӏана цохӏо калам.\n— Нижер Написат йиго гьаб заманалда цо дагьаб къанагӏалъулеб бугеб кӏудияб лъикӏ-лъиялъул гӏадан. Гьелда свак лъаларо, унтарасул ва цогидалги жиндихъего рачӏаразул къваригӏел тӏубачӏони. Нагагь къваригӏел тӏубазе санагӏалъи кколеб гьечӏони, лъимер гӏадин къварилъахъдула гьей, лъида гьардонги, нижер ракӏал рохизаризе лъугьуна. Гьелъухъа гьеб бажаризеги бажарула. Аллагьас нижее йитӏун ячӏарай хӏурулгӏин ккола гьей. Нижер сахлъиги цӏехон, телефоналдасан кӏалъазе заманги батула гьелда, — ян абуна гьез.\nАхир-къадги щвана дидеги ирга.\nКабинет къалъ-къализабун бугоан хъахӏ-\nмакказул сипаталда гьенир ратарал Написатицаги медсестра, Шамил районалъул Бакълъухъа Хӏасибат Хӏажиевалъги. Дир къваригӏелги бицун, гьез какал ран рахъинегӏан пикрабазде юссана.\n— Талихӏал гӏадамал ратила тохтурзаби. Чан гӏумруялъе гьез нухал рагьулел, чан талихӏалда бичӏчӏулеб, лъалеб гьезул мацӏ, чан эбелалъул кочӏое гьез роржен кьолеб. Гьеле гьединал чагӏи руго тохтурзаби. Гьезие гӏодула, гьезие релъула, гьезухъ ралагьула, кумекги гьарун, гьезде ахӏи бала гӏумру цӏунеян. Гьезулъ бугебщинаб сабру, щивав унтарасе гьесул унтуда рекъараб. Гьезул рекӏел кӏутӏи кидаго хӏалуцахъе букӏунеб батила. Гьебги сабруялда чӏани, щибха унтараз гьабилеб? Тохтурасул хъахӏаб халгӏатги кколеб батила гьесул къисматалда чӏвараб кунчӏараб нурлъун. Хъахӏаб кьер. Гьеб ккола чороклъи, хъублъи аскӏобе къазе рес гьечӏеб бацӏцӏалъи. Нагагьлъун гьелда ланг лъуни, гьеб ккола гӏумруялда лъураб, сунданиги нахъе инабизе кӏвезе гьечӏеб чороклъи. Гьелъул магӏнаги ккола тохтурасе Тӏадегӏанас мекъи ккезе, гъалатӏал ккезе ихтияр кьун гьечӏин абураб…\nГьединал пикрабазда йигей дир берчӏва-\nна Написатил столалда тӏад лъун бугеб магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул «Маржанал» абураб тӏехьалда. Тӏехь бегулаго, тӏаде ккана шагӏиралъ тохтуралъе сайгъат гьарурал кочӏол гьадинал жугьабазде:\n— Гиппократил гьацин\nБетӏергьанасе балей,\nДур халгӏатги, колпакги,\nкакикьжоги, чӏумалги…\nРашидил цӏар цӏунарай,\nтӏанчӏазе цӏа цӏунарай,\nДур эбеллъи, якьадлъи,\nцинги — чӏужугӏаданлъи!\nМун йижараб Кӏуяда,\nмун хьвадараб гьелъул ицц.\nГьардаралгун дахӏалал дур гӏагарлъи,\nдур кьибил.\nГьарула, Аллагь,\nцӏуне гьай гӏадан гӏадамазе,\nМагӏил горо гиризе\nгӏилла гьелъие тоге.\nТалихӏ билараб лъимерлъи\nДунялалъул берцинлъи бичӏчӏилалде, гьелъул гьуинаб махӏ цӏвилалдего, рещтӏана Написатихъ бесдаллъи. Кӏиго сон гьелъ бараб мехалда, хвана эмен. Амма гьелда бесдаллъиялъул кьогӏлъи лъазе биччачӏо эбелалдаго цадахъ инсул эбел Рахӏаниятицаги. Написат гӏолей йикӏана кӏодоэбелалъул гӏакълабазул гъанситохъ. Гьитӏинай Написатие гӏумруялъулъ ккараб кӏудияб икъбаллъун рикӏкӏине бегьула гьеб заманалда гьезул гьенив хасал органаздаса лъутарав кӏудияв гӏалим, Цӏумада районалдаса Хӏайбулагь гӏумру гьабун вукӏинги. Эмен чӏаго вугеб мехалдаго, вачӏун вукӏана гьев гьениве. Гьес кӏудияб бутӏа лъуна Написатил рухӏияб бечелъиялда рухӏги жанги лъеялъулъ. Жакъа къоялъги кӏудияб адабалда ва рокьигун рехсола Написатица жиндие хириявлъун хутӏарав инсанасул цӏар.\nНаписат гӏун ячӏуней йикӏана талихӏаб лъимерлъун. Гьелда жеги лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏинчӏо жиндие къисматалъ хӏадурулеб бугеб цоги «сайгъат». Абуларищха бесдаллъи-ятимлъиялъул куркьбал гӏемер рукӏунилан. Цого кваркьиялда боржине бокьичӏеб бесдаллъиялъ микьабилеб классалда цӏалулей йигей Написатихъа кьурун бахъана эбелалъул кечӏ. Радал боцӏи рохьдолъе гъезе арай гьей тӏокӏалъ тӏадюссинчӏо Написатихъе. Кьурулъа гъоркьеги йортун, хвана. Бекана Написатил, эбел хвараб мехалда гурони бекулареб рекӏел тӏегь.\nГьелъул бакӏ ккуна бичӏчӏизе ва къабул\nгьабизе захӏматаб чӏобоголъиялъ. Дагь-\nдагьккун гьей ругьунлъулей йикӏана эбелалъул кечӏ гьечӏеб дунялалде. Гьей Написатие хисана кӏодоэбелалъ. Гьелъ гӏолилай куцалей йикӏана мугӏрузул законазда рекъон гӏумру гьабизе. Анцӏго сон бараб мехалдаго Къуръан цӏаларай гьей ругьунлъулей йикӏана магӏарул гӏадатаздеги исламияб нухалдеги.\nЦӏияб талихӏалъул цӏиял чӏорал\nГӏурала микьгосонил школаги лъугӏизабун, 1967 соналда Написат цӏализе лъугьана Каспийскалъул медучилищеялде. Гьенирги хӏажалъана магӏарулалъе кӏодоэбелалъул гӏумруялъул дарсал. Киназго мисал босулеб хьвада-чӏвадиги цӏала-къалиги букӏана гӏолилалъул. Гьеб букӏун батула гьитӏинго гӏумруялъ ругънал лъурай, къисматалъул согӏазул кьогӏлъи лъарай гӏолилалъе гьимулеб цӏияб талихӏалъул цӏиял чӏорал. Цӏалудаго цадахъ хӏалтӏиги гьабулаан Написатица. Гьей чӏухӏулароан кинаб бугониги хӏалтӏудаги. Гьитӏинго лъана ва бичӏчӏана гьелда жиндирго гӏетӏ тун щвараб гъурщил къимат.\n1971 соналда Написатица багӏараб дипломалда лъугӏизабуна училище. Талихӏалъул цӏурай гӏолилалъул рукӏана жиндирго балъголъабиги, анищалги, хьулалги. Амма кӏодоэбелалъе бокьана, жиндирго бетӏер бегилалде, Написат ригьнаде кьезе. Гьелъ Написатидаги бичӏчӏизабула гьеб.\n— Битӏарабги буго кӏодоэбелалъул. Дида жаниб рухӏги жанги лъун бугей гьелъул кин ракӏбакъвазабилеб. Гьейги цееса ани, дун тӏуянго бесдаллъилагури. Дица гьелъ малъараб гьабила, — ян ракӏалде ккана гьелда.\nГӏуцӏана Написатица жийго бетӏергьанаб хъизан. Бакана цӏияб гъанситохъ цӏияб цӏа. Гьеб цӏадул хинлъиялъухъ жакъаги баркала кьолеб буго гьелъ гӏумруялъул гьудул Рашидие.\n— Гьев вукӏинчӏевани, гьадинаб къисмат букӏинароан дир. Рохалилъги, пашманлъиялъулъги, магӏу-релъиялъулъги гьев дунгун вукӏана. Гьелъ бигьалъана дие гӏумруялъул сухъмахъаздаса эхеде инеги,- ян абуна Написатица.\nГара-чӏварун ниж рукӏаго, кабинеталде жаниве лъугьун вачӏана гьев. Гьеле гьединавлъун цеве чӏезавунги вукӏана дица гьев. Санал ран, ботӏрода саву ккун бугониги, жеги ссиялда вугев гьесул лъадуде бугеб адабалъ хӏайран гьаюна дун. Къойил гьединал махсарабиги рагӏулей, гьединаб каламалъ асирги гьаюлей чӏужугӏаданалъул талихӏалъул магӏна тӏубанго бичӏчӏана дида.\nХӏеренго гьесие жавабги кьун, гьесул махсарабакьа дагьайго нечезеги нечон, гьелъ Рашид рокъове нухарегӏана, жий кватӏилариланги абун. Хадуйги гӏенеккана дун, кӏалдиб хӏацӏу ккун, бицунеб тохтуралъул къисаялъухъ.\nКъисматалъул болъабахъан\nНаписат хӏалтӏана росулъ акушеркалъун. Гьей йохун йикӏунаан, гӏадамазе кумек гьабизе щвеялдаса. Гьезул талихӏ бихьидалги, лъимер гӏадин, йоха-хинлъулаан.\nЗаманалдасан Написатие бокьана дагьабги цӏикӏкӏун талихӏ гӏадамазе сайгъат гьабизе. Гьеб пикруялда 1979 соналда цӏализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде.\nКамиллъана Написатил махщел. Щвана гьелъие тӏадегӏанаб лъай. Институтги гьелъ лъугӏизабуна багӏараб дипломалда.\nИнститут лъугӏаралдаса нахъе Написат Рашидова хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул №1 больницаялда. Цебе гьелда абулеб букӏун буго «Дагрыба» больницайилан. Гьений хӏалтӏулагоги, гӏадада заман биччалароан гӏолохъанай тохтуралъ. Жиндирго аслияб хӏалтӏудаса эркенаб заманалда гьелъ лъухьулаан больницаялъул азбар.\n— Цо нухалда, хӏалтӏул къо байбихьилалде, рогьалилъго больницаялъул азбар лъухьулей йикӏана. Унтарал рачӏиналде, гӏедегӏунги йикӏана. Киназдаго гурелъулха лъалеб букӏараб дун больницаялъул «дворник» йикӏинги. Лъараб мехалда, гьезул букӏараб рихха-хочи. Дун йикӏана хехго кӏудияй гӏезе ккараб лъимер. Гьединлъидал щвараб хӏалтӏи гьабизеги ругьунлъун йикӏана, — ян бицана Написатица.\nДоб мехалда больницаялда букӏана жинде божилъи гьабураб тохтурилан (доверенный врач) абураб хъулухъги. Гьей тохтурлъун, къад къо гурого, къаси сордо гурого, хӏалтӏулей йикӏана Написат. Редуктор поселокалда гьей лъаларев чиги вукӏун ватиларо.\nГьелда лъалаан жинца тӏаде босараб иш цӏакъго тӏадегӏанаб ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб букӏин. Гьелъго батила Тӏадегӏанасги гьелъие кумек гьабулеб букӏараб. Хӏисаб гьабеха цохӏо минуталъ: гьанже гӏадал шартӏалги рукӏинчӏо доб мехалда, чере-хелейги квераз гьабулаан, хӏукуматалъул хӏалтӏиги, хӏалтӏудаса хадуб – хъизан-рукъги, эбелалъухъ урхъарал лъималги, лъимал реэдизе урхъарай гӏолохъанай эбелги. Гьеб кинабго букӏинчӏого букӏинеги бегьулаан, хъизамалъул гъасда цӏалъун Рашид вукӏинчӏевани.\nХабар-кӏалалда ниж рукӏаго, Написатил хӏалтӏул къо ахиралде щвана. Ракӏалде ккун букӏана гьанже цо дагьабго гӏодоре риччан кӏалъазе щвелилан. Амма гьелъухъе рачӏунел лъугӏулелго рукӏинчӏо.\n— Дур хӏалтӏул къо лъугӏанагури, — ян дица абидал, гьей елъана.\n— Цо-цо мехалда микьго-ичӏго тӏубазегӏанги хутӏула. Кири букӏинарищ дие хӏалтӏудаса гӏедегӏун рачӏунел гьезул къваригӏел тӏубани. Тохтурасул хӏалтӏул низам букӏинецин бегьуларо. Щайгурелъул гьесул низамалда рекъон унтуларелъул гӏадамал, — илан абуна гьелъ.\n— Дагьабги захӏматаб ва хӏалуцараб, доб лъимал гӏисинаб мехалдацин, щолароан дун ригьда рокъое. Гьанже эркенаб заман цӏикӏкӏун буго. Дицаги хӏаракат бахъула, гьаний хӏалтӏулей йигебгӏан заманалъ, дихъе рачӏанщинал унтаразул мурад тӏубачӏого, рокъое унгутӏизе, — ян тӏадеги жубана.\nАхир-къадги Хӏасибатица Написатида ракӏалдещвезабуна кӏалбиччазе заман некӏого щванилан. Тӏокӏай батӏияй медсестра Написатида цадахъ хӏалтӏизе ресги букӏинчӏо. Гӏодобе биччараб каламалъул, тӏоцее гьей йихьарасулгицин рекӏелъ йосулей гӏолилай йигоан Хӏасибат. Иманалъул цӏураб гьумералъул гьей диеги йихьидалго рекӏее гӏуна.\nХӏасибатица лъагӏел бан буго Написатида цадахъ хӏалтӏулаго. Эбелги ясги гӏадин ругел гьезухъ бахилго ялагьана дун.\n— Гьаб буго кӏалбиччаялъул цебехъан, — иланги абун, чайги тӏуна гьелъ нижее. Мугӏрузул хурдузул чайги, чаялда нахъа бицунеб гьуинаб хабарги, гьединго гьуинаб Написатил къисматги. Дица цӏехана гьелда лъималазул хӏакъалъулъги.\nГъанситохъ рекӏараб цӏа даимаб батаги\nНаписатил руго кӏиго васги кӏиго ясги. Вас Мухӏамад ккола ФСБялъул полковник, хӏалтӏулев вуго РУСГИДРОялда. Яс Хадижат хӏалтӏулей йиго Махӏачхъала шагьаралъул администрациялда. Яс Асият ккола Горводоканалалъул хӏалтӏухъан. Вас Хӏажимурадги хӏалтӏулев вуго МВДялда. Написатил гӏумруялъул гьудул Рашидги хӏалтӏулев вуго №1 больницаялъул пресс-централда.\nГьеле гьединаб талихӏаб хъизамалъул гъасда цӏаги бакун, паракъат йиго Написат. Гьеб талихӏалда берккогеги. Гьеб батизе буго гьитӏинго бесдаллъиялъул рагӏдукье, лъимерлъиялдаго гӏумруялъул карачелазде данде лъедезе ккарай сабру бергьарай чӏужугӏаданалъе Тӏадегӏанасул шапакъат.\n— Рецц Аллагьасе. Бесдаллъи кӏочене Гьес дие Рашидги кьуна, лъималги щвана, ракӏалъ тӏасабищараб хӏалтӏуе ритӏухъайлъунги хутӏана. Лъималазул лъималаги рукъалде руссунел руго. Гьанже дун налъулай йиго гӏумруялъе – дир лъималазулъ такрарлъичӏо дир лъимерлъи. Гьанже цо ахирисеб мурадги буго дир. Гьеб киналго руччабазулалда релълъараб буго: дунялалда рекъелги рокъоб гьуинлъиги. Бихьугеги умумузда лъималазул рухӏел. Такрарлъугеги дир лъималазул лъималазул лъималазеги дир гӏадаб лъимерлъи, — ян абуна Написатица гара-чӏвариялъул ахиралда.\nЦӏи-цӏиял лъай-хъваяз цӏия-цӏиял лъалкӏал тола дир рекӏелъ. Гьедин ккана гьаб нухалдаги. Тӏаде яхъиналдеги, чанго нухалъ ялагьана дун талихӏалъ кенчӏелей йигей Написатихъ. Даимаб батаги гьелъул хъизамалъул гъасда чанго соналъ цебе бакараб цӏа. Абадияб батаги гьелъул хинлъи.\nГьелдаса цо батӏияб тӏагӏамалъул хинлъи диеги щвана. Дун чӏухӏулей куцха гӏадамаз жидер адабги гьабулел, мугӏрузул тӏадегӏанлъиги жиделъ бугел, жидерго гӏадатлъиялъ гӏадамазеги кӏодолъарал миллатцояздаса. Гьединазул цояйги ккола тӏадегӏанаб категориялъул терапевт, Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъай тохтур, Гъуниб районалъул Кӏуядаса Написат Рашидоваги."}
{"slug": "5881-islamal-ul-khiubi-khiazhi-udurat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5881-islamal-ul-khiubi-khiazhi-udurat", "title": "Исламалъул хӏуби Хӏажи Удурат", "date": "2019-09-30 07:26:10", "categories": ["history"], "text": "Гьидалъ тӏоцебе как ахӏарав ва как барав чи\nХалкъалда гьоркьоб тӏибитӏараб биценалда рекъон, Мачӏада росдадаса бащдаб километралъ тӏадехун, нухда аскӏоб майданалда бугеб гьитӏинабго ицц ккола Гьидалъ тӏоцебе как бараб бакӏ. Как барав чиги ккола магӏарухъ ислам тӏибитӏизабиялъе квербакъарав Хӏажи Удурат. Гьеб иш рикӏкӏине ккола тарихияб лъугьа-бахъинлъун. Щайгурелъул, цохӏо Гьидалъ гуребги, Хӏажи Удуратил хӏаракаталдалъун исламияб дин босана къелдерицаги, гьединго Лъаратӏа, Бежтӏа, Цӏунтӏа районазул росабазул гӏадамазги.\nГьидерица гьеб ицц бугелъуб къулгӏа бана ва чанго нухалда цӏигьабун къачӏана. Жакъа гьениб буго мустахӏикъаб хӏалхьиялда вугев полициялъул полковник Мухӏамадаминов Сайпулагьица бараб къулгӏа.\nКъулгӏа бугеб бакӏалдаса 350-400 метралъ тӏадехун буго Хӏажи Удурат шайихасул хобалда тӏад бараб гьитӏинабго рукъ. Гьеб рикӏкӏуна къиматаб зияратлъун. Гьенире зияраталъ рачӏуна батӏи-батӏиял росабалъа гӏадамал, тӏоритӏула мавлидал, бачуна зикру, бикьула садакъа…\nЩивха кколев Хӏажи Удурат? Исламияб дин тӏибитӏизабиялъул иш кин гьес жиндего тӏаде босараб? Кинаб букӏараб гьесул гӏелму, гӏумру-магӏишат ва къисмат? Гьел суалазда тӏад дун гӏемер ургъана. Жавабал абуни, ракӏалда гьечӏого щвана, Иванэ Джавахишвилил цӏаралда бугеб Типлисалъул пачалихъияб университеталъул гурхӏел-рахӏмуялъул гӏелмабазул факультеталъул «Кавказоведческие разыскания» абураб журналалдаса. Гьелда гӏурус ва гуржи мацӏазда «К вопросу об исламизации центра горной Аварии в XV в., на примере биографии Хаджи Удурата из Гидатля» абулеб макъала хъварал чагӏи ккола гӏалимзаби Шамил Хӏапизов ва Мухӏамад Шехмухӏамадов.\nМашгьурав гӏарабист Гӏали Каяевас\nхъвалеб буго гьидерица ислам босун бугин 1475 соналда. 2015 соналъул июналда гьеб макъалаялъул автораз цӏех-рех гьабуна цебе Чолода абулеб росу букӏараб бакӏалъулги гьанже рехун тарал хабалазулги. Гьезул бакьулъ буго зиярат — Хӏажи Удуратил ва гьесул васасул хабалазда тӏад бараб рукъ. Гьесул зонода тӏад хъван руго гьал рагӏаби: «Гьаб зонол бетӏергьанчи Хӏажи Удурат. Гьесдасан тӏибитӏана нилъеда гьоркьоб ислам» абун. Аскӏоб бугеб дагьабго гьитӏинаб зонода хъван буго: «Гьаб зани Мухӏамадил, Хӏажил васасул». Бихьулеб букӏахъе, хварав васасул инсул «Хӏажи Удурат» цӏаралъул бакӏалда, хъван буго «Хӏажи» абун, ай тӏадчӏей гьабун буго хӏажичиясул къадруялда.\nБакӏалъул биценазда рекъон, XV гӏасруялда Гьидалъ букӏун буго Гуржиялъул цӏикӏкӏараб асар. Цоцада гьоркьоб гьабураб ракълилаб къотӏи-къаялда ракӏчӏей букӏиналъе, гьез хисун, цоцахъе рачунел рукӏун руго аманатал. Биценалда рекъон, аманатлъиялда гьел рукӏунаанила анцӏго соналъ. Кахетиялде ритӏарал аманатазда\nгьоркьов вукӏун вуго Удурат абун цӏаралъул Чолода росулъа гӏолилавги. Гьениб гӏумру гьабун гьев вугеб заманалда, Гуржиялда тӏаде кӏанцӏун руго туркал ва гуржиязул гӏемерал чагӏи асир гьарун руго, гьезда гьор-\nкьов Удуратги, хадувккун гьев вичун вуго гӏарабазул пачалихъалде (Гӏиракъалде яги Сириялде). Гьенив гьев ккун вуго цо херав гӏалимасухъе, ислам босун хадув херас лагълъиялдаса эркенги гьавун, гьев мадрасаялде цӏализе витӏун вуго. Биценалда рекъон, Удурат ватӏаналде тӏадвуссиналъе ккараб гӏилла букӏун буго Сириялдаса Дагъистаналде гӏарабаз аскар битӏизехъин букӏин якъинлъи. Жиндирго ракьцоязул гӏамал-хасиятги, хӏалгьабун гьез ислам босулареблъиги лъан, гьезул гӏемерисел гӏадада хвезехъин рукӏинги бичӏчӏун, гьес ният гьабун буго ислам босизе гьид мукӏур гьаризе. Заманалдасан гьев росулъе тӏадвуссун вуго – Цӏоралдаса Къарахъе, гьениса Хирших габурлъухъе, гьенисаги Тӏидиве, гьениса Чолода росулъе. Жакъа Мачӏада росу бугеб бакӏалдаса 1,5 километралъ рикӏкӏад бугеб иццухъ какиеги чурун, как базе лъугьун вуго гьев. Гьенив гьесде тӏаде вачӏун вуго Чолода росдал бегавул. Биценалда буго, бусурманлъидал, гьев бегавулас Гӏабдурахӏман абун цӏар босаниланги. Харабаз бицунаан, аманатлъун Кахетиялде Удурат гьес витӏанилан. Гӏабдурахӏман рикӏкӏуна, Удуратил вагӏзабаз ва дугӏа-алхӏамалъ пана гьавун, Гьидалъ тӏоцебе ислам босарав чилъунги. Тӏоцебе как бараб ицц гьидерица жакъаги кӏодо гьабула, гьеб лъала Гӏабдурахӏманил чал (ицц) хӏисабалда, гьениб бан буго къулгӏа. Биценалда рекъон, росдал бегавул ва къадруяб тухумалъул чи Гӏабдурахӏманица цӏияб дин босиялда дандечӏарал чагӏаздаса гьитӏинаб тухумалъул чи-Удурат цӏунун вуго. Гьеб гуребги, гьесул кумекалдалъун чолодисез ислам босун буго къокъабго заманалда жаниб, кӏудияб дандечӏей гьабичӏого.\n1923 соналда П. Яковлевасул бетӏерлъиялда гъоркь тӏобитӏараб гӏелмияб экспедициялъул гӏахьалчагӏаз хъвараб халкъияб биценалда абулеб буго Удуратил баракаталдалъун гьидерица ислам босанилан. Гӏурада росулъа 90 сон барав Мишитилазул Гулла Якъупица гӏалимзабазда бицун буго, Маккаялдаса вуссарав цо мачӏадисес халкъ бусурбанлъизабунин абун.\nЭрмениязул хъвай-хъвагӏаязда бицунеб буго, 1476 соналда гуржиязул хан Баграт «Лакзистаналда», бакӏалъулаб халкъгун вагъулев вукӏанилан, гьеб сабаблъун, 1476 соналда Узун-Хӏасанихъа бажаранила Типлис бахъун. Гьел баяназул кьучӏалда, Т. Айтберовас чӏезабулеб буго магӏарухъ рагъулаб сапаралъ Баграт вукӏиналъе ккараб гӏилла бугин гьидерица ислам боси абун.\nГӏали Каяевасул библиотекаялъул цӏех-рех гьабулаго щварал къиматал баяназда хъвалеб буго: «Хӏажи Удурат ал-Мачӏада ал-Гьидали. Бицунеб буго, Гьидалъ областалда ислам тӏибитӏизаби букӏанин Хӏажи Удурат ал-Мачӏадаяс гьабураб кӏудияб хӏалтӏул хӏасил. Жиндирго ракьцоязда\nгьоркьоб гьесул къадру-къимат букӏиналъ, гьидерица ислам босана гьесул вагӏзаби ва насихӏатал сабаблъун. Ислам босизе бокьичӏел гӏумру гьабизе гочана Туш (Тушете) областалде», — ян.\nХӏажи Удурат кколев вуго Мачӏада росулъа Гӏандиялазул (Андреевал абулеб цӏаралдаса бачӏараб) тухумалъул чи. Жакъа къоялда щварал баяназда рекъон, нилъее рес буго Хӏажи Удуратил гӏумруялъул ва хӏаракаталъул хӏакъалъулъ хадусел хӏасилазде рачӏине: гьев хӏакъикъаталдаги гӏумру гьабун вукӏун вуго Гӏагараб Бакъбаккуда, щун вуго Макка ва Мадина шагьаразде, гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гьесул цӏаралде тӏаде «хӏажи» абураб рагӏи жубан букӏиналъги. Ислам босун хадуб гьес жиндаго Ибрагьим абураб цӏар лъун буго, амма ракьцоязул рекӏелъ ва хъвай-хъвагӏаязулъ гьев хутӏун вуго Хӏажи Удурат хӏисабалда. Гӏарабустаналда гьесие щун букӏун буго цӏакъ гъваридаб исламияб лъай, гуребани рес букӏинароан гьедигӏан гӏатӏидго ва бергьенлъиялда ислам тӏибитӏиялъул хӏалтӏи гьабизе. Хӏажи Удуратил вагӏзабаз квербакъун буго гьидги къелги цого заманалда исламалде руссинаризе. Занатӏа росулъа Мухӏамад Исмагӏиловасул библиотекаялда батана: «Хӏажи Удуратил гьоркьоблъиялдалъун гьидерицаги бакълъадерицаги ислам босана 1476 соналда», — ян хъван. Гьенибго хъванги буго Гъоркьа Бакълъухъ мажгит базе байбихьараб дурусаб заман — 1565 соналъул анкьабилеб август кколин.\nТӏаса-масаго ислам босун бугониги, диналъ малъухъе гӏумру гьабизе ругьинлъиялъе гьидерие саламатабго заман къваригӏана. Масала, тӏад лъураб закагӏат тӏоцебе кьезе байбихьана ислам босун 15 соналдасан, ай 1492-1493 соназда.\nНахъе хутӏун руго гьидерил халкъалъул цо-цо къокъабаз ислам босиялда дандечӏей гьабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ баяналги. Тӏадехун нилъеца бицунел хъвай-хъвагӏаязда буго 1485 соналда Хӏажи Удуратица чӏужу ячанин, гьесул лъади Гьентӏа росулъа Гӏемерилал абулеб тухумалъул гӏадан йикӏанин. Ислам тӏибитӏизабиялде дандечӏарав гьелъул лъабавго вацасе Хӏажи Удурат чӏвазе бокьун букӏанила, амма Удуратида квер базе гьезда кӏолеб букӏун гьечӏо. Гьесул лъадуда вацаз гьарун буго гьеб балъголъи тӏатинабеян. Гьев цӏунулев вукӏун вуго Маккаялъул цо пуланав гӏалимасул дугӏаялъ ва гьелъул къуват холеб букӏун буго гьесул черхалда лъим ккараб заманалда. Балъголъи лъарал лъадул вацаз, Чолода росдадаса 500 метралъ рикӏкӏад бугеб Удуратил чал абулеб бакӏалда черх чурулеб лахӏзаталда, 1490 соналда (70 сон барав чи) гьев чӏван вуго. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб ислам босарал тухумаз хӏукму гьабун буго Гӏемерилазул тухумалдаса къисас босизе. Хур-хералъул хӏалтӏабазде Хӏарада колоде унел ругилан хабарги тӏибитӏизабун, балъго яргъилаб гъоркьчӏелги гьабун, тохлъукьего гьезде тӏаде кӏанцӏун руго. Гьеб рагъулъ харабаз буюрун буго, гьезул цо чанго чи нахъе те абун, гьелдаса хадуб Гӏемерилазул тухумалда Нахатилал абун цӏар хисун буго.\nУдурат абулеб цӏар къанагӏатги дандчӏва-ларо. Гьеб Гуржиялдаса бачӏараб букӏине ккола. Амма гьесул вагӏзабазул кумекалдалъун ва жамгӏияб хӏаракаталдалъун ислам босана гьидерица гуребги, Анкьракьалъул, багвалазул, чӏамалазул ва Тӏинди росабазул жамагӏатазги. Гьединлъидал XVI гӏасруялъул авалалда магӏарухъ ислам тӏубанго щулалъана ва бащдалдасаги цӏикӏкӏун магӏарулал бусурманлъиялде рачӏана.\nНури Нуриев"}
{"slug": "5882-g-azig-umekderil-surkhaj-khan-ii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5882-g-azig-umekderil-surkhaj-khan-ii", "title": "Гъазигъумекдерил Сурхай-хан II", "date": "2019-09-30 07:28:28", "categories": ["rel"], "text": "Рагъухъан, пачалихъияв хӏаракатчи ва хӏапиз Сурхай II-абилев (1744-1827) ханлъуде ккана 1789 соналда, эмен Мухӏамад-хан хун хадув\nXVIII гӏасруялъул ахиралда цӏидасан байбихьана Россиялъул империялъ Дагъистан квегъиялъул мурадалда гьабулеб хӏаракат ва гьелде данде магӏарулаз гьабураб къеркьеялъул церехъабазул цоявлъун вукӏана гъазигъумекдерил Сурхай-хан II. Халкъалъ гьесда абулаан «Хъунбуттаян» («кӏудияв эмен», «кӏудада»).\nСурхай-хан II-абилес байбихьана Дагъистаналъул югалъул ракьал кквезе ва гъазигъумекдерил ханлъиялъул гӏорхъаби цевеккун ханлъуда вукӏарав Сурхай-хан I-сесул заманалдаго рукӏараб хӏалалде ккезариялъул мурадалда. Гьебго заманалда, Россиялъулгун гьабураб къотӏиялдаса рази гьечӏеб Турциялъги байбихьана Кавказалде тӏадбуссиналъул мурадалда хӏадурлъи гьабизе. Турциялъул султанас битӏана Сурхай II-лев Россиялде данде гьусулеб магӏнаялъул кагъат.\n1795 соналда Ираналъул цӏияв шагь Агъамухӏамад-ханасги битӏана Гъазигъумекдерил ханасухъе кагъат. Гьелда бицунеб букӏана жив ханлъуда чӏеялъул хӏакъалъулъ ва гьарулеб букӏана, жиндие мутӏигӏлъи загьир гьабулеб кагъатгун жиндихъе чапар витӏеян абун. Гьеб гьариялъе жаваблъун букӏун батизеги бегьула Сурхай-хан II-лев Персиялдехун гьетӏи, гьелъул кумекалдалъун Дагъистаналъул югалъул ракьал жиндираллъун хутӏиялъул мурадалда.\n1796 соналда Россиялъ Дагъистаналде битӏана В. Зубовасул нухмалъиялда гъоркь армия. Мухӏамад-шамхаласулги, Хайдакъазул Рустам-ханасулги, Табасараналъул Рустем-къадилги квербакъиялдалъун, пачаясул армиялъ ккуна Дербент ва гьениса нахъе хъамуна Ших-Гӏали-хан. Гьев лъутана Куралалде, Сурхай-ханасул аскаралъул кумекалде хьулгун. Дагъистаналъулгун\nгьоркьоблъи хвезабизеги бокьуларого, гӏурус аскаралъул нухмалъиялъ Сурхай-ханасда абуна Россиялъул нухмалъи къабул гьабеян. Ичӏго къоялъ халалъарал гара-чӏварияздаса хадуб гьев разилъана гӏурусазде данде къеркьей къатӏинабизеги, цебеккун гьезухъа бахъараб давла тӏадбуссинабизеги, асирлъуде ккарал гӏурус солдатал риччазеги.\nРоссиялде гъорлъе Гуржистан ккарабго, гӏурусаз байбихьана Дагъистаналъул ишазда гьоркьобе лъугьине. Батӏи-батӏиял экономикиял къагӏидабиги хӏалтӏизарун, Кавказалда вугев гӏурус сардарас хӏаракат гьабулеб букӏана Дагъистаналъул ханзаби рикь-рикьизаризе. Россиялъул нухмалъи тӏубанго къабул гьабуна Таргъуялъул шамхаласги, Хайдакъалъул уцмиясги, Табасараналъул майсумасги, гьединго цо-цо росабазул жамгӏиятазги. Ираналъул шагьасе Азербайжанги Дагъистанги квегъизе бокьун букӏиналда бан ва Кавказалда жиндир тӏадецуй щула гьабиялъул мурадалда, 1802 соналъул сентябралда пачаясул сардарас Георгиевск шагьаралда тӏобитӏана данделъи. Гьениб гьабуна Дагъистаналъул ханзабаз Россиялъе мутӏигӏлъи цӏунизе бугин абураб къотӏи. Амма Сурхай-хан II-лев гьеб данделъиялда гӏахьаллъичӏо ва къотӏиялъе мукӏурлъунгутӏи загьир гьабуна цӏидасан Россиялде данде къеркьей цӏигьабиялдалъун: гьес гьужумал гьаруна Северияб Кавказалда рукӏарал гӏурус гарнизоназде.\nПерсиялдегун Турциялде данде рагъал байбихьиялда бан, гӏурус командованиялъе бокьун букӏана Дагъистаналда парахалъи цӏунизе. Гьелъул мурадалда, генерал Г. Глазенапуда тӏадкъан букӏана гӏурус пачаясе Сурхай-хан II-лев мутӏигӏ гьави «аскар цӏуниялъул мурадалда, гьарунги хӏинкъизавунги, щайгурелъул, гьев мутӏигӏлъизавичӏони, захӏмалъизе буго яргъил къуваталдалъун Баку квегъизе».\n1806 соналда Сурхай-хан II-лесда цебелъуна Россиялъе мукӏурлъиялъул бицунеб кагъат. Гьелда рекъон санайилго пачаясе кьезе кколаан 3000 гъурущ ва аманаталъе кьезе кколаан Сурхай-ханасул вас. Гӏурусаз Къубаги бахъун, Дербенталъул ханлъиялдаса Ших-Гӏали-хан хъущтӏизавун хадуб Сурхай-ханас гьа бана, Россиялъе ритӏухълъи цӏунизе, амма инкар ккуна трактаталда гъоркь гъулбасине.\n1811 соналда Сурхай-хан II-лесулги Ших-Гӏали-ханасулги цолъизабураб аскаралъ Къуба эркен гьабун хадуб, гьезде данде битӏана генерал Н. Хатунцевасул аскариязул къокъа ва гьез Къуба нахъе бахъана. Гьелдаса хадуб генерал Н. Хатунцевас абуна Ших-Гӏали-хан аманаталъе кьеян абун. Гьелъухъ Гъазигъумекдерил ханасдаса тӏасалъугьунеб букӏана пачаясул нухмалъи. Амма Сурхай-хан II-лесулгун гьарулел гара-чӏвариязул пайда гьечӏеблъиги бихьун, генералас Аслан-бегида (Сурхай-ханасул вацасул васасда) тӏадкъана Куралалъе нухмалъи гьабизе. Хӏукмуги гьабуна, нагагь\nСурхай-хан II-лес трактаталда гъоркь гъулбасине инкар гьабуни, Гъазигъумекиб нухмалъи Аслан-бегида тӏадкъазе. Гьелдаса хадуб байбихьана имгӏаласдаги вацасул васасдаги гьоркьоб питна ва гьеб халалъана гӏемерал соназ. Рагъулаб икъбалин абуни, кколаан цин дагъистаниязул, цинги гӏурус аскаралъул рахъалде.\nГьелдаго цадахъ Сурхай-хан II-лес гьарулел гьоркьоса къотӏуларел рагъаз тӏубанго мискинлъиялде ккезабураб гъумекдерида 1813 соналда ракӏалде ккана гьесдаса эркенлъизе. «Тумазул магьалазул жамагӏаталъ Дурчӏидагъалда тӏобитӏана данделъи ва гьениб хӏукму гьабуна Сурхай-хан II-лесул вас Муртазагӏали (Аслан-ханасе эбелалъул рахъалъ вацлъун кколев) тезе Гъазигъумекдерил ханлъун, Россиялъул пачалихъалъе мутӏигӏаллъун рукӏиналдеги цоцазда гьоркьоб питна бекьунгутӏиялдеги хьулгун». Муртазагӏали ханлъуда тана ва гьесул цӏарги щулалъана Гъазигъумекиб. Сурхай-хан II-лев хӏажатавлъун ккана Ираналде лъутизе, персазул шагьасул кумек щвеялде хьулги хьихьун. Амма 1813 соналъул 12 октябралда Ираналдаги Россиялдаги гьоркьоб гьабуна ракълилаб къотӏи (Гюлистаналъул рекъел) ва Персиялъ рагӏи кьуна, Дагъистаналъул ишазулъ киданиги гӏахьаллъунгутӏизе.\nИраналъул кумекалдаса махӏрумлъарав Сурхай-хан тӏадвуссана Дагъистаналде. 1814 соналда, гьитӏинабго аскарги бакӏарун, гьев ана жиндир букӏараб ханлъиялъул гӏорхъабаздехун, амма, Кура гӏор бахунаго, гьесда хадур гъола гӏурусал ва гьесул аскарги щущахъ биххизабула. Хваликьа ворчӏарав ханги гьесул аскаралъул хутӏелги уна Хосрех росдахъе. Нухдасан ханас тӏибитӏизабуна Дагъистаналда бугеб гӏурус аскаралъул кӏудияс жиндие ихтияр кьунин Аслан-хан нахъе хъамизеян абураб хабар. Аслан-хан лъутула Гӏахъушасан Хайдакъалде, гьенисанги Табасараналдегун Къасумкенталде ва гьенив гьев цӏидасан тӏамула Куралалъул нухмалъулевлъун.\nГьелдаса хадуб, Гъазигъумекдерил хан хӏисабалда, Сурхай II-лес хитӏаб гьабуна Кавказалъул армиялъул бетӏерав командующий генерал А.П. Ермоловасухъе, гӏурус пачаясе мутӏигӏлъиги загьир гьабун. Гьесул гьари къабул гьабуна. Гьес мутӏигӏлъи загьир гьабулеб къо тӏобитӏана байрамалъул къагӏидаялда. Амма ханасда кӏочон течӏо жиндирго планал. Гӏурус командованиялда лъана Сурхай-ханас балъго кумек гьабулеб-лъи Дагъистаналъул гӏатӏиракьалда гӏумру гьабулел халкъазде гьужумал гьарулел рукӏарал магӏарулазул хан Султан-Ахӏмадиеги, Хайдакъазул уцмий Гӏадил-Гиреясеги, Гъазданущиса Гирей-бегасеги ва Ших-Гӏали-ханасеги.\n1819 соналъул кӏиабилеб бащалъиялда генерал А. Ермоловасда ракӏалде ккола Сурхай-хан II-лев тахидаса хъущтӏизавизе ва ханлъи кьезе жиндие мутӏигӏав Аслан-ханасухъе. Гӏурус командованиялъ байбихьула Гъумекибе сапар. Сурхай-хан II-лес хиял гьабуна гьездаса цеве кӏанцӏизе ва гьев гьужумалъ ана Чирахъ гарнизоналде, амма икъбалги ккечӏого, гьев нахъе къазе ккана Лакиялъул росабалъе.\n1820 соналъул июналда генерал А. Ермоловас лъазабуна Гъазигъумекдерил ханлъун толев вугин Аслан-ханин абун. Гьелъул мурадалда Гъазигъумекибе битӏана генерал В. Мадатовасул къокъа. Сурхай-хан II-лесда гӏурус аскариял дандчӏвана Чирахъ росдада гӏагарлъухъ, гьениб ккараб рагъулъ ханасул аскар биххизабуна ва гьев живгоги гьанжесалалъги лъутизе ккана Дагъистаналдаса.\n1820 соналъул августалда Сурхай-хан II-левги гьесул вас Нухӏ-бегги гьитӏинабго къокъагун цадахъ гочана Персиялде. Гьениб гӏумру гьабулебгӏан заманалъ гьес Персиялъул хӏукуматалъухъа гьарулеб букӏана жив махӏрумлъараб мулк тӏадбуссинабиялъе кумек гьабеян абун. 1826 соналда Ираналъул аскар лъугьана Гуржиялъе. Гьелдаса пайдаги босун, Сурхай-хан II-лев вахъана Шемахаялде, гьенисаги – Гъазигъумекиве ва хадубккунги – Сугъралъе ана, Аслан-ханасдеги гӏурус пачаясдеги данде халкъ бахъинабизе къеркьолаго. Гьебго заманалда гьес, Турциялъул султанасухъа кумекги\nгьарун, гьесухъе витӏана вас Нухӏ-бег. Амма гьесул хӏаракаталъул хӏасил ккечӏо.\nСурхай-хан II-лев хвана 1827 соналда, 83 сонил ригьалде вахараб мехалда. Гьесул васигаталда рекъон, гьев вукъана бичун босун букӏараб сугъулдерил ракьалда.\nДоб заманалда гӏумру гьабулел рукӏаразул баяназда рекъон, Сурхай-хан вукӏана логода ворхатав, «кьварараб сипаталъул, бусурбабазда гьоркьов гӏалимчиясул цӏар тӏибитӏарав ва ритӏухъав къади».\nХӏажимурад Доногъо"}
{"slug": "5883-giazhaibab-giumruyal-ul-giazhaibab-dars", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5883-giazhaibab-giumruyal-ul-giazhaibab-dars", "title": "Гӏажаибаб гӏумруялъул гӏажаибаб дарс", "date": "2019-09-30 07:30:01", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рокьиги, талихӏги, хинлъиги, гурхӏел-рахӏмуги\nКӏиго конфеталъул тӏадегӏанаб багьа\nИнтернаталдаса цӏалараб автор лъалареб гьаб хабаралъ дие гьабун тараб асар, кантӏизаюн тараб куц! Цин къокъго ракӏалдещвезабулеб буго гьелъул хӏасил:\nМаршруткаялда рекӏун ругел гьитӏинав васги гьесул эбелги. Эбелалъул гьеб къоялъ ццин бахъун букӏуна. Кигӏан вас хӏеренго кӏалъаниги, гьей хичулей йикӏуна гьесде. Амма эбелалъул хӏал бичӏчӏарав васас хӏаракат бахъулеб букӏуна гьей гьимизайизе, кӏалъазайизе. Гьелъул гӏаксалда, дагьайги хӏелесун ахӏдола эбел васасде, жиндие мун вихьизецин къваригӏун гьечӏилан, тӏагӏа цевесайилан. Вас гӏодове виччана ва пикрабазулъе жувана. Щибдай ботӏролъе бачӏунеб букӏараб гьев гьитӏинав инсанасда, дунялалда бищунго гӏагарай гӏаданалъ тӏагӏайилан ахӏидал…\nМаршруткаялда рекӏун вукӏарав цо гӏолилас васасе кьола кӏиго конфета. Васас гьел квинчӏо. Гьес хӏалбихьана эбел рекъезайизе. Бигьагьабун васас (гьесда Ахӏмадилан телин цӏарги) эбелалъухъе, цин цо, цинги цогиябги конфета бегьана, амма эбелалъ инкар гьабуна. Ахӏмадица цоги нухалда хӏалбихьана – гьес конфетал эбелалъул накалда лъуна. Эбелалъул кверги щула гьабун ккун букӏана. Гьесие бокьун букӏана гьей гьимизе, жинцаго кьурал конфетал росизе. Гӏемераб мехалда сихӏкъотӏун чӏун йикӏарай эбел заманалдаса йигьа-йичун ячӏана – гьелъ Ахӏмадида къвал бана. Гьесул берал кунчӏун рачӏарал куц. Вохиялъул кутакалъ, Ахӏмадица, тӏаса хъалги бахъун, эбелалъул кӏалдир жинцаго лъуна конфетал. Цоцазда къвалалги ран, гӏодор чӏун рукӏана эбелги васги…\nХабаралъул щибаб рагӏи магӏлъун къалеб букӏана дир рекӏел тӏинда, гьелъ борлъ-борлъун балеб букӏана тӏолабго ургьимес.\nУнго-унголъунги Ахӏмадица чӏахӏиязеги гӏисиназеги кьун тараб дарс. Эбел ахӏдараб мехалда, гьесул рес букӏана барщун чӏезе, жиндие мунги йокьуларилан гьелде ахӏдезе, эхе-эхеде кӏанцӏезе. Аслияб къагӏидаялда гьедин гурищха гӏисинлъималаз гьабулеб, улбул ахӏдараб мехалда.\nАмма дир беразда цебечӏун букӏана тӏубанго батӏияб сипат-сурат — берцинлъиялъ угьараб, лъикӏлъиялъ бессараб, талихӏалъул расеназ хьухьараб, гӏажаибаб гӏумруялда бекӏкӏараб гӏажаибго гьайбатаб накъиш. Гьеле гьединаб букӏана ва буго гьитӏинав Ахӏмадил гӏумруялъул дарс.\nГьитӏинав Сайгидил кьурдул «балъголъи»\nГьеб хабар цӏалидал, дида ракӏалдещвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги.\nГьитӏинав Сайгидил букӏана кӏиго сон. Гьесул «кутакаб» махщелги букӏана кьурдизе. Зама-заманалдасан бабаца къали бухун, инсуца пищтӏул наку бачун, вацал-яцаз хъат кьабун, «концерт» кьолаан Сайгидица. Дида гӏемер ракӏалдещола гьеб лъугьа-бахъин гьанжеги, кӏудияв гӏурав Сайгид вихьидал.\nЦо къоялъ мехтун вачӏарав Сайгидил дада, рокъор ругезе питна бухъизе жувана. Инсул ахӏухъе макьидаса вигьарав гьитӏич, щибго ахӏвал-хӏал бичӏчӏилалдего, кӏанцӏун тӏадеги вахъун, кьурдизе лъугьана. Гьев кьурдулеб мехалда, киналго рохизе кколел рукӏиндалха. Бичӏчӏичӏо гьеб къоялъ лъиданиги Сайгидил кьурдул аслияб магӏна. Ахӏи-хӏуралда ругел эбел-инсуе ургъелго ккечӏо васас питна секьинелъун гьабулеб бугеб кьурдул. Сайгидица кьурди гьоркьоса къотӏизе течӏо, гьев кьурдана, гӏодилагоги, инсуца живго кодове вачинегӏан. Кватӏун кантӏарай эбелги, гьевги каранде къан, гӏодизе жуяна.\nГьебги букӏана гьитӏинав Сайгидица кӏудиязе кьураб жиндирго дарс. Гьелдаса хадур ццин бахъанщинахъе гьесул эбел-инсуца цоцазда абулаан Сайгидил кьурдуца бахъулеб унти бугин гьебилан, дагьаб бугонигицин, дагӏбаялде иш кколеб мехалда.\nЦӏалдохъабаз дие кьураб дарс\nЦо дирго ккараб лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Пуланаб къоялъ школалде дарсал кьезе арай дун цӏакъгойищ ахӏдарай лъималаздеяли, гьез рокъобе рекӏехъе лъазабизе кьун букӏараб кечӏ лъазабун батичӏеб мехалда. Дидагоги бичӏчӏулеб букӏана мекъи йигеблъи, букӏаниги ахӏдонго ахӏдон толей йикӏана. Гьез бицунелъухъги гӏенеккизе бокьун букӏинчӏо. Цо кӏудияб гӏайиб лъималазда гьечӏониги, гьезда тӏад босараб «бергьенлъиялдаса» ракӏ регьунги йикӏана дун. Ахӏдеялъе аслияб гӏилла батӏияб букӏана.\nАмма гьебсагӏаталдаго магӏарул мацӏ хӏалил мадаралъ гурони лъаларев васас абуна жинца цо хабар ургъун бугила, хӏасил бицине бегьиларебищилан. Гьелде дандеги, вахъахайилан абун, согӏаб жаваб гьабуна дица. Цинги бицун танаха жидер йигей лъикӏай учительницайила, гьелъул хӏеренлъийила абун. Зодилкьерал чӏахӏиял гьелъул берал кидаго гьимулел рукӏунила, жидее бищунго йокьизеги гьей йокьулила. Дунги ургъулей йикӏана, щийдай гьейилан. Хабаралъул ахиралда гьев дида аскӏове вачӏана ва хъатикь ккун букӏараб кагътил гьабураб тӏегь хӏинкъадго бегьун бачӏана дихъе. Дун гьалгъан хутӏана. Цӏолбол гарал гӏадал гургинал гьесул беразда магӏу бетана. Дун цӏоро-гъорона. Ниж кӏиязул ахӏвал-хӏал бичӏчӏарал цӏалдохъабаз хъатчӏвана, ва дица гьесул бадисан гирун рачӏунел магӏил гарал ракьалде рортизе риччачӏого, дирго квераз кколел рукӏана. Гьеб букӏараб бухӏараб магӏу. Ракьалде бортун букӏарабани, цӏаккезегицин рес букӏараб. Гьеб лахӏзаталъ дие бокьун букӏинчӏо дирго магӏу лъималазда бихьизе, дур-дурун кӏетӏолеб бугеб рекӏел хӏал гьезда бичӏчӏизе. Амма дир ракӏ хӏеккана. Гьес бищунго цӏакъайилан, тӏокӏайилан абидал гуребха. Лъималазул гӏайиб бацӏцӏине цеберагӏилъун рачӏарал рухӏарал магӏил гаразул цӏики бихьидал.\nЦинги — рекъел, релъи, рохел. Ва нижеца къотӏи гьабуна, цоцазда ццин бахъанщинахъе, гьеб нахъбуссинабизе, киназго цадахъ хъатчӏвазе. Гьеле гьединаб лъикӏлъиялъул цӏураб дарс кьуна гьеб къоялъ дие цӏалдохъабаз. Гьеб букӏана дир чанго дарсил багьаяб цо дарс. Дицаго диего гьаги бана, цӏалдохъабазда тӏад босараб магӏна гьечӏел «бергьенлъабаздаса» йохунгутӏизе. Ва цӏалдохъабазе дицаго ургъарал «Лъикӏлъиялъул ва Талихӏалъул дарсазде» тӏаде жубана цоги цӏияб пунктги. Гьелда цӏарги тана «Цӏалдохъабазул дарсал», — илан.\nЧанги лъикӏалде кантӏизарула\nнилъ лъималаз\nНилъеразгоги чияразги. Амма киналъулго гуроха нилъеда магӏна бичӏчӏулеб.\nБарщаригицин берцинаб букӏуна лъималазул. Гьезда лъала хехго рекъезеги, бажарула цоцазда тӏасалъугьинеги, барщарал рекъезе, гьез рицунел гьуинал гьерсалги.\nГьезухъа къарзалъгӏаги щай босулареб чӏахӏияз рекӏел бацӏцӏалъиги хӏалимлъиги. Лъималазул буго жидерго бацӏцӏадаб дуниял, нилъ, чӏахӏиял, гьелда квалквадизегӏан. Нилъ жанире лъугьаралго, гьеб дунялалъул бакӏ-бакӏазда хӏапара базе лъугьуна. Аллагьас цӏунагиха цинги, нагагь гьеб хӏапароялъ лъимадул рекӏелъ нух бахъани.\nЯхӏ-намусалъул цӏадирабазда лъуни…\nЦо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго.\nМаршруткаялда рекӏун ячӏуней йикӏана. Хӏалтӏул ахиралда, бакъанил гӏужалда, рахъун чӏун рукӏинеги, рахуна гӏадамал. Киналго рокъоре гӏедегӏун рукӏуна хӏалтӏудаса хадур. Кӏиго бакӏаб сумкаги кодоб ккун, ригь арай гӏаданги лъугьун ячӏана жание. Гьей жание лъугьиналда цадахъ, цо гӏолохъанай эбелалъ лъазабуна шоферасда жинца лъимадухъги гӏарац кьезе бугила абун. Амма хералъул берал эбелалда аскӏов гӏодов чӏун вугев васасда рукӏана. Цогидазул санагӏалъи букӏинчӏо цӏун бугеб маршруткаялда тӏаде рахъине. Вас чанго нухалда гьесана тӏаде вахъине. Амма эбелалъ тунка-гӏусун гӏодов чӏезавулев вукӏана. Цинги васас киназдаго рагӏизабун абуна жиндир бабал хӏетӏе унтун бугила, гьелъие гӏоло жив тӏаде вахъине санагӏалъи гьабейила. Вас нахъехун вуссана ва гьенив гӏодов чуӏн вукӏарав гӏолохъанчиясда абуна, кодовги ккун, жив нахъе вачейилан абун. Васасул санагӏалъи букӏинчӏо, живго къватӏиве вачӏине.\nТӏаде вахъана гӏолохъанчи. Амма херай гӏодой чӏечӏо. Бакӏал сумкабиги кодор кковухъе, гьей рикӏкӏаде ялагьун хутӏун йикӏана. Гъов гӏолохъанчи гӏодов чӏун вукӏараб скамейкаялдеги вахун, вас къватӏиве кӏанцӏана ва хералъе гӏодой чӏезе бакӏ гьабуна. Херай гьимана, васасул кӏаркьада убач гьабуна ва, угьун хӏухьелги биччан, гӏодой кӏусана.\nНечарай эбел, васги вачун, заман щвелалдего, къватӏие яхъун ана. Шоферас эбелалъ кьолеб букӏараб гӏарацги босичӏо. Гьес гӏодовевиччан абуна:\n— Гьединав вас куцарай духъа дица гӏарац босуларо, — ян.\nЭбел дагьайги нечана…\nГьенибги дие щвана кӏигогӏаги дарс: цояб — гьитӏинав васас кьураб, цогидаб – шоферас кьураб.\nКиналъулха къуват бугеб: квешлъиялде данде гьабураб квешлъиялъулищ, ахӏдеялде данде гьабураб ахӏдеялъулищ, яги, гьелъул гӏаксалда, квешлъиялде данде гьабураб лъикӏлъиялъулищ, ахӏдеялде данде гьабураб гьимиялъулищ!?\nЯхӏ-намусалъул цӏадирабазда лъуни, кинабдай бакӏаб бугеб!?\nКъвалал рани…\nБокьун буго цӏар лъаларев авторас жиндирго хабаралъул ахиралда лъурал гӏумруялъул дарсал цоги нухалда, хӏурматиял цӏалдолел, нужееги такрар гьаризе:\nЭбел-инсуда къвалал рарал лахӏзатаз нилъер ракӏазулъ рещтӏуна сабру.\nНилъее рокьулездаги нилъ рокьулездаги къвалал райдал, нилъехъе жибго бачӏуна талихӏ.\nЛъималазда къвалал райдал, нилъер черхалда ханлъи гьабула лъикӏлъиялъ.\nГьудулзабазда къвалал рани, нилъехъе бачӏуна рекӏел бацӏцӏалъи.\nГӏумруялда къвалал рани, нилъехъе бачӏуна гӏакъиллъи.\nТалихӏалъул нухаздасан\nРикье цогидазе нужерго талихӏалъул кескал. Бикьанагӏан, гӏемерлъула талихӏ.\nХӏурматиял цӏалдолел!\nЩайдай дунял гьадигӏанго берцинаб бугеб? Сундулъ бугеб гьелъул аслияб берцинлъи? Нилъеца цоцазе кьолел гӏумруялъул дарсазулъцин гуребдай?\nМакъалаялъул ахиралдаги абизе бокьун буго нилъер хвасарлъи согӏлъиялде, хъачӏлъиялде данде гьабураб лъикӏлъиялъулъ ва хӏеренлъиялъулъ бугилан.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "5884-gab-dunyal-nil-er-ruk-guro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5884-gab-dunyal-nil-er-ruk-guro", "title": "Гьаб дунял нилъер рукъ гуро", "date": "2019-09-30 07:34:23", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Садакъа кьезе ккола кваранаб квералъ, квегӏалда лъаларедухъ\nНилъеда гӏемер рагӏула лъикӏал ишал гьаруразул хӏакъалъулъ бицунеб. Гьелдаго цадахъ абула: «Дуего зарал ккезе бокьун батичӏони, чияе лъикӏлъи гьабуге», — янги. Лъикӏав чилъун вукӏинищ беццараб бугеб яги жиндирго тӏалабги гьабун гӏумру тӏамийищ лъикӏаб бугебин абураб суал борхизе бокьун буго гьаб макъалаялда. Абула лъикӏлъи гьабун ругьунасда къабихӏаб иш гьабизе ракӏалдецин кколарилан… Гьеб битӏарабги буго. Нилъеда бихьулелъулха кидаго лъикӏлъи гьабулев чи гӏадамазда, хӏатта хӏайваназдагицин гурхӏел бугев вукӏуневлъи. Гьединав чияс киданиги гьабуларо хӏалихьатаб ишги. Гьединал чагӏазда гьоркьоб цӏар рехсезе мустахӏикъав инсан вуго Кьохъа Хӏамзат Мусаевги. Гьес жиндирго гӏумрудул аслияб магӏналъун рикӏкӏуна вакъарав кваназавиги, къварилъиялде ккарасе кумек гьабиги, унтаразда кверчӏвайги, бокьаразда Къуръан цӏализе малъиги.\n«Садакъа кьезе ккола кваранаб квералъ, квегӏалда бихьуларедухъ», — ан абула. Гьелъухъего Хӏамзатиеги расги рекӏее гӏолеб букӏинчӏо жиндирго, жинцаго гьарулел ишазул хӏакъалъулъ нижее бицине. Кин бугониги, нижеца хӏаракат бахъана гьесулгун гара-чӏвари гьабизе.\n— Хӏамзат, гурхӏел-рахӏмуялъулал ишазде кин ва кида байбихьараб дуца?\n— Гӏолохъанаб заманалда дун хӏалтӏулев вукӏана КамАЗалда. Гӏемер щвезе кколаан батӏи-батӏиял районазде. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего ругьунлъун вукӏана как базеги кӏал кквезеги. Нижер росу ва дир хъизан буго цӏакъго динияб. Гьелъги батила, кив вугониги я как, я кӏал дица гьоркьоб биччаларо.\nДоб букӏана рамазан моцӏ. Кӏал ккурав дун Хьаргабисан, Лавашисан рокъове вачӏунев вукӏана. Доб заманалда нухазда кваназе ресалги гӏемер рукӏунароан ва гьеб къоялъ рес ккечӏо нухда кӏал биччазе. Лъимги гьекъон, кӏал кквезе ккана нахъисеб къоялъги.\nДербенталъул мажгиталъуб, кӏал биччалеб гӏужалда, гӏолохъаби кваналел рукӏана. Гьезул квандаса чӏвалеб букӏана цӏакъ берцинаб, гьуинаб махӏ. Вакъарав дида ракӏалде ккана чай гьекъезегӏаги аскӏове ахӏулевани дунилан. Гьелде пикру гӏунтӏун батилароха, гьезги щибго абичӏо, дунгоги аскӏове ине намуслъана. Ва, вакъун вугониги, нахъисеб къоялъги кӏал ккуна. Гьеб мехалда ракӏалде ккана, «Беччатӏа» абураб гьаб бакӏалда, дунго гӏадал нухлулазе кваназе ва хӏухьбахъизе рес бугеб гьитӏинабго рукъ базе.\n— Цогидазе кумек гьабизе ккани, мунгоги вукӏине кколаха ресалда вугев чи…\n— Доб заманалда нижер хъизамалъул жанир чӏезе бакӏцин букӏинчӏо. Амма, гьаб нухбикьуда, тӏоцебе бана как балеб рукъ. Хадуб ракӏалде ккана нижерго росуцоязе, рикӏкӏаде инчӏого рукӏине гӏоло, газалъул заправка бан лъикӏилан. Гьелъги батила, гӏезегӏан нухлулал лъалхъулаан гьанир. Киназего кьолеб букӏана, дагьаб бугониги, квине квенги гьекъезе чайги. Аллагьасе гӏоло кӏвараб кумек гьабулеб буго нухлулазе.\n— Хъизан-лъималазулги хӏакъалъулъ бицани бокьилаан.\n— Дир буго щуго лъимер — лъабго яс ва кӏиго вас. Киналго цӏалана исламияб институталда. Дида цадахъ гьанирго рукӏуна кӏиявго васги. Кин бугониги, дун вуго талихӏав чи. Хъизамалъ абун букӏарабани гьаниб гӏалхуда чӏеларин абун, щиб гьабизе букӏараб? Дун Аллагьасе вокьулев чи ватила, тӏад калам гьабичӏого, дица малъараб гьабулей, гӏадамал хирияй лъади щвана дие.\nДир кӏудияв васас гъоркьиса ва исана, каникулазул заманалда, Къуръан цӏализе малъана лъабкъоялдасаги цӏикӏкӏун лъимада. Дунго гӏадин магӏишаталда хадур лъугьинчӏел руго гьелги. Алхӏамдулиллагь, Аллагь рехсолел, шаргӏалъул нухдасан унел руго киналго.\n— Бицунеб рагӏана гьаниб бугин гӏадамазе пайдаяб лъимиланги. Цогидал бакӏаздасагицин гӏадамалги рачӏунел руго гьелда хадур. Щиб лъим гьеб?\n— Гьаниб буго лъабнусго метралъул борхалъудаса дица бачараб пайдаяб, гӏадамал сахгьарулеб лъим. Гьитӏинав чи вугеб мехалдаго умумуз бицунеб рагӏун букӏана гьеб лъеца гӏемерав чи сахгьавунин абун. Гьеб дидагоги бихьана КамАЗалда хӏалтӏулеб заманалда. Пуланаб хӏалтӏи гьабулаго, килищ къотӏун букӏана дир. Дица гьеб щибаб къоялъ лъелъ лъолаан. Нуж бицун божиларо, къокъабго заманалда жаниб килищ сахлъана. Гьекъезе байбихьидал, лъалаго мадар лъугьуна, гьабсагӏаталда унтулеб бакӏги гьечӏо. Жакъа гьаб лъеда хадур рачӏуна Чачаналдасаги, Ингушетиялдасаги, Махӏачхъалаялдасаги гӏадамал. Гьаруна батӏи-батӏиял анализал. Гьезул хӏасилалда чӏезабун буго лъеца кумек гьабулин гьал хадур рехсарал унтаби сахгьариялъе:\n1. Кванирукъалъул унтаби.\n2. Халатбахъараб гастрит.\n3. Кванирукъалъул ва бакьазул язваялъул унти.\n4. Бакьазул унти.\n5. Тӏул, ццидалкъвачӏа унтун бугони.\n6. Цӏекӏгьан унтун бугони.\n7. Чакаралъул диабет.\n8. Кващумухъалъул унтаби.\nЦо-цояз абула лъим бичизе бегьилаанин абун. Дун бечелъиялда бахиллъулев чи гуро. Дун вуго Аллагьасе гӏоло хӏалтӏулев чи. Гьаб лъеца эбел сахгьаюрав чияс дие Махӏачхъалаялда рукъ кьолеб букӏана. Дица гьебцин босичӏо.\n— Рагӏана дуца гӏуцӏун бугин гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондилан абунги. Щиб хӏалтӏи гьелъ гьабулеб?\n— Гьаб буго чанго районалде гӏадамал унеб нухрикьи. Гьелъ гӏемерисез байбихьана нижехъе садакъаялъе кьезе цӏияб бугониги, ретӏараб бугониги ретӏел. Нижеца гьеб бикьула росдал ресукъал гӏадамазе. Гьанибе ретӏел бачӏиндал, лъазабула мажгитазул имамзабазда, ресукъазе ретӏел-хьит босизе рачӏаян.\nГьелдаго цадахъ нухлулазе нижеца кьола гьоцӏоги, хӏанги, чедги.\nЦо-цо мехалда бикьизе гьанибе бачӏуна пихъги цогидал нигӏматалги.\nГьаниб буго бокьарав чияс гӏарац рехулеб ящикги, гьебги нижеца битӏула мина бухӏаразе, мажгиталъул къваригӏелабазе, рес къотӏаразе. Гӏоротӏа росдал мадраса газалдалъунги хьезабула нижеца.\n— Хӏеж борхизе рес кканищ?\n— Ккана. Гьеб буго дие бищун ине бокьулеб бакӏги. 16 нухалъ щвана гьениве. Цо соналъ, Минаялда вукӏаго, дида батана долларазул цӏураб къвачӏа. Цӏех-рех гьабидал, баянлъана гьелъул бетӏергьан Дагъистаналдаса даргинай йикӏин.\nГьаниб аскӏобги батун букӏана меседил алатал. Кӏиго соналъ ралагьаниги, гьезул бетӏергьаби ратизе кӏвечӏо. Гьелъул багьа-къадарги чӏезабун, садакъаде кьуна гӏарац.\nГьаб дунялалда дидасаги рес бугел гӏадамал гӏезегӏан руго. Амма киназдаго гуроха цогидал ричӏчӏулел. Хьул буго ахир-къадги киназдаго бичӏчӏилин доб дунялалде лъицаниги щибго жо цадахъ босулареблъи. Нилъедасаго тӏокӏаб садакъаде кьезе ккола. Нилъедаса лъикӏал гӏадамалги дунялалдаго рукӏунаро, цогидазулги къимат гьабулеб бугони. Нилъеего тараб магӏишат буго гӏадада хвараб рикъзи. Садакъаде кьураб — даимго батизе бугеб лъикӏлъи.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "5885-rajongo-urkh-arab-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5885-rajongo-urkh-arab-bajram", "title": "Районго урхъараб байрам", "date": "2019-09-30 07:35:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда кӏодо гьабуна Шамил район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай\nБайрамалде цудунго хӏадурун букӏана щибаб росдал жамагӏат. Тӏоритӏана субботникал, данделъаби ва бищунго цӏикӏкӏун къачӏана Хӏебда росулъ бугеб хӏухьбахъиялъул парк. Байрамалъул къоялъин абуни гьениб мухъккун тӏиритӏун рукӏана щибаб росдал майданал. Щибаб майданалда букӏана пихъалгун овощалги, гьанал ва рахьдал батӏи-батӏиял нигӏматалги, жакъа къанагӏалъун ругел гьохъил, цӏоросаролъул, гӏатӏал гьабураб квенги, урбагун бахъухъги, мохмохги, пихъил соказде, хурдузул чаялде гӏунтӏун батӏи-батӏиял нигӏматалги. Аскӏорго рахъун чӏун рукӏана росабазул бутӏрулги, культураялъул хӏалтӏухъабиги, жамагӏатчагӏиги. Гьел нигӏматазул хӏалги бихьулаго, унел гӏадамазул къадарги дагьлъулебго букӏинчӏо. Аваргӏурул чвахиялъул гьаракь къинабулеб букӏана ахӏулел кучӏдуз, бухулеб къолоца, пулеб зурмица. Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас, жамагӏатазе ва тӏаде рачӏарал гьалбадерие саламги кьун, бицана районалъул гӏумруялъул ва гьелъ нахъа тараб тарихалъул хӏакъалъулъ. Рехсана район гӏуцӏаралдаса батӏи-батӏиял соназ районалъе нухмалъи гьабуразулги ва район машгьур гьабурал ракьцоязулги цӏарал. Абуна Хӏажимурад Хашаев гьавуралдаса 110 сон, Мухӏамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон, Мухӏамад Гӏабдуразакъов гьавуралдаса 80 сон тӏубай кӏодо гьабизе бугиланги. Гьединго цӏарал рехсана район машгьур гьабурал Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи Сайпула Абакаровасул, 25 соналъ Дагъмединституталъул ректорлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Макъсудовасул, сахлъи цӏуниялъул министрлъун хӏалтӏарав Ибрагьим Ибрагьимовасул, 19 соналъ республикаялъул парламенталда вукӏарав, профессор, Дагъистаналдаса тӏоцеве вахъарав самбоялъул рахъалъ СССРалъул чемпион Суракъат Асиятиловасул цӏарал. Район машгьур гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул ичӏго докторас, тӏадегӏанаб лъаялъул ункъо докторас, техникиял гӏелмабазул цо докторас, экономикиял гӏелмабазул ункъо докторас, РФялъул мустахӏикъав лъабго тохтурас, РФялъул мустахӏикъав лъабго учителас, цо РФялъул промышленносталъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанас, РФялъул мустахӏикъав бакӏал ралев кӏиго чияс, цо РФялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанас, лъабго ДРялъул халкъияв шагӏирас ва хъвадарухъанас, щуго ДРялъул халкъияв артистас, рикӏкӏен гӏемерал гӏелмабазул кандидатаз, дунялалъул, Европаялъул чемпионаз.\nРайадминистрациялъ кидагосеб кӏвар кьола районалда лъайкьеялъул, сахлъи цӏуниялъул, росдал магӏишат ва гьенире инвестициял тӏалаб гьариялъул, социалиб рахъалъ нахъе ккаразул, культураялъул, спорталъул, туризмалъул ва цогидалги суалал гӏумруялде рахъинариялде. Ахираб щуго соналда жаниб райбюджеталъул кумекалдалъун ремонт гьабун буго 22 социалияб объекталъе (44 млн гъурущ). Социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ мугӏрузул районазда гьоркьоб Шамил районалъ 2013 соналда ккуна тӏоцебесеб бакӏ, 2016 соналда – кӏиабилеб бакӏ ва 2017 соналда – тӏоцебесеб бакӏ. Районалъул аграрияб секторалда хӏалтӏулеб буго 18 СПК, 38 гьитӏинаб СПК ва 45 фермерасулаб магӏишат. Ахираб 10 соналда жаниб росдал магӏишаталъул валовияб продукциялъул къадар цӏикӏкӏун буго лъабго нухалъ ва гьеб бахун буго 1 млрдгун 232 млн гъурщиде. 2019 соналъул 1 январалде ругел баяназда рекъон, районалда буго чӏегӏерхӏайваназул 30790 бетӏер (гьездаса 1478 гӏака), 137311 бетӏер гӏи-цӏцӏаназул. Кӏвар кьолеб буго чуял гӏезариялде (1800 чу), наял хьихьиялде (ункъазарго тӏала), ахал гӏезариялде, пиринчӏ бекьиялде (240 гектаралда бекьана гьеб).\nГӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго нухал-кьоял раялъе, росабалъе лъим бачиналъе. ДРялъул хӏукуматалъ гьабураб хӏукмуялда рекъон, Хӏебда росу лъедалъун хьезабиялъе бихьизабун буго 5 млн 286 азарго гъурущ. Районалъул байрамалда гӏахьаллъи гьабизе вачӏун вукӏана хӏукуматалъул председателасул заместитель Абулмуслим Абулмуслимов. Гьесги баркана районалъ 90 сон тӏубай ва цӏалана республикаялъул бетӏер В. Васильевас битӏараб баркиялъулаб кагъатги. Районцоязда байрам баркизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул, Хунзахъ, Гъуниб, Унсоколо, Чӏарада, Цӏунтӏа, Гӏахьвахъ, Цӏумада районазул нухмалъулелги. Гьезул рахъалдасан баркиялъулаб кӏалъай гьабуна республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб зонаялда вугев вакил Мухӏамад Камиловас. Кӏалъазе вахъарав КЭМЗалъул генералияв директор Мухӏамад Ахӏматӏовас абуна: «Дица ва нижер заводалъул тӏолабго коллективалъ баркула районцоязда гьаб рохалилаб байрам. Жакъа нижер заводалъ къватӏибе биччала авиациялъулаб промышленносталъе къайи. Гьенир хӏалтӏулел руго нилъер районалдаса бажариги гьунарги бугел гӏолохъабиги. Дица гьездаги абула, районалъул гӏолохъабаздаги абулеб буго, щивас кӏвараб куцалда бутӏа лъезе ккола район цебетӏеялъе. Цӏале, цӏале, щула гьабе нужерго лъай», — ан.\nДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовгун цадахъ церерахъана Мухӏамад Хӏамзаев, Мухӏамадрасул Гӏумаров, Залму Мухӏамадова, Къурбанмухӏамад Мухӏамадов, Манарша Гӏисаева. Гьезги цӏалана жиде-жидерго кучӏдул.\nБаркиялъулаб кӏалъай гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул докторзаби Расул Мажидовас ва Мухӏамад Ахӏмадовас, «Магӏарулай» журналалъул бетӏерай редактор Баху Мухӏидиновалъ, Мухӏамад Танкаевасул цӏаралда бугеб патриотикияб лъайкьеялъул фондалъул нухмалъулев Хӏасанхӏусен Гӏабдулзагьировас. Гьес 14 лъимер гӏезабурай Мухӏамадова Патӏиматие кьуна «Бахӏарчияй эбел» орден, шагӏир Залму Мухӏамадовалъе – «Честь и гордость Дагестана» абураб каранда балеб гӏаламат. ДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул рахъалдасан лъабго учителасе кьуна «ДРялъул лъайкьеялъул отличник» абураб цӏар, кӏигоясе — Хӏурматалъул грамота.\nКъалъудаса хадуб «Аваргӏор — гьудуллъиялъул гӏор» абураб цӏаралда гъоркь районалда микьабилеб нухалда тӏобитӏана республикаялъул фольклоралъул культурияб фестиваль. Гьениб жиде-жидер гьунар бихьизабуна Гъуниб, Гӏахьвахъ, Чӏарада, Бежтӏа, Хунзахъ, Лъаратӏа, Унсоколо, Гумбет, Цӏунтӏа районазул фольклоразул ансамбляз. Балагьаразе кӏудияб асар гьабуна Ростов областалъул «Православный Дон» муниципалияб ансамблялъ. Нахъе ккезе чӏечӏо бакӏалъулаб «Дагъбаш» ансамбльги."}
{"slug": "5943-kharabi-gurelgi-untula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5943-kharabi-gurelgi-untula", "title": "Хараби гурелги унтула", "date": "2019-10-07 08:11:24", "categories": ["med"], "text": "Бидул тӏадецуялъул халгьабизе ккола ригьалъухъ балагьичӏого\n«Давление бугин» абуларев чи къанагӏатги ватиларо жакъа. Хӏатта гӏолохъабицин рукӏуна бидул тӏадецуялъ рахӏатги хвезабун. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазин абуни гӏемер абула гӏолохъанаб заманалда давление щибжоялицин жидеда лъалеб букӏинчӏин абун. Гьезде гӏайиб гӏунтӏизабула гӏолохъабаз гьерсал рицунел ругинги абун. Бидул тӏадецуй (АД) борциналъул къагӏидаби медицинаялда хӏалтӏизаризе байбихьаралдаса нахъе, тонометралдаса пайда босулаан 50 яги цӏикӏкӏун сонал рарал гӏадамаз. Ахирал соназдайин абуни, тохтурзабаз бицунеб буго 20 сон баразда гьоркьобги гипертония гӏемер дандчӏвалин.\nЩибха гьелъие гӏилла? Унтиго гьечӏев чияс бидул тӏадецуялъул халгьабизе кколищ? Давление бахиналъе гӏиллаби кинал рукӏунел? Бидул тӏадецуялъул кинал хасиятал ругел? Гьел ва цогидалги суалазе гӏалимзабазгун тохтурзабаз кьурал баянал рехсела гьаб макъалаялда.\nГӏолилал унтун ратула цебе чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазе хасиятал унтабазги. Гӏумру гьабиялъул къагӏидаги цебе гӏадинаб гьечӏелъул, гьебги рикӏкӏуна гӏиллалъун. Цебе гӏадаб рагъа-рачари гьечӏо. Цебе дагь-дагьккун гурони гӏадамазухъе щолеб букӏинчӏеб информация гьанже хехго ва гӏемераб къадаралда щолеб буго. Цере школазда тӏоцебесеб классалда тӏоцебесеб хӏарп малъулеб букӏун батани, жакъа гӏемерисел лъималазда лъабго-ункъо сон баралдасаго лъалеб буго алипги, рагӏаби дандразеги, гьеб гуреб цогидабги. Хӏасил, гӏемераб информация бакӏарулеб буго лъимадул ботӏролъе. Гьелдаго рекъон, медицинаги нахъа хутӏулеб гьечӏо, къойидаса къойиде цӏилъулел руго инсанасул сахлъиялъул халгьабулел къагӏидабиги медицинаялъул алаталги. Цебе гӏолилазда гьоркьор тӏатунел рукӏинчӏел унтабиги хехго тӏатинарун бажарулеб буго.\nБидул тӏадецуй\nцӏикӏкӏиналъул гӏаламатал\nРекӏел ва бидурихьазул низам хвеялда абула гипертонияйилан. Гьелдаса хӏинкъи буго бидурихьазул жанисеб рахъалъе жагъаллъи ккеялда, гьединго гьенир лъугьине бегьула би эркенго хьвадизе квалквал гьабулел бляшкаби (кьаралъи). Би захӏматго гурони хьвадулеб гьечӏони, я гӏадалнахалда, я ургьимесалда, я ракӏалда кколеб къагӏидаялда хӏалтӏун бажаруларо. Кин букӏаниги, чӏахӏияб ригьалъул гипертониказде дандеккун гӏолохъабазе гьелдаса сахлъизе бигьа букӏуна.\nБидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъул гӏаламаталлъун ккола: рахӏатхвей, гӏиллаго гьечӏеб хӏинкъи, гьоркьоса къотӏичӏого гъванща унти, гӏинзуниб хъуй, лъикӏго ракӏ кьаби, хӏалуцин, хӏухьел гӏунгутӏи, бетӏерсвери, ракӏ багъари.\nГӏолохъанал-хералин абун батӏалъи гьечӏого киназулго рокъоб букӏине кколин тонометрин рикӏкӏунеб буго тохтурзабаз. Гьебги босизе ккола битӏун бихьизабулеб бугищали халги гьабун. Механикияб тонометралъ гьереси бицунаро, гьеб учузаб буго ва гьелъие батарейка хӏажалъуларо. Гьелъул гӏунгутӏабазул бицани: гьеб борцунев чиясул гӏундул цӏодорал рукӏине ккола, гьеб хехго хола. Электронияб тонометралда цебеккун бидул тӏадецуй борцун рукӏарал баянал цӏунун хутӏула, амма аритмия бугев ва бидул кьаби загӏипав чиясул давление мекъи бихьизабизе бегьула гьелъ.\nГӏемер хӏалуцунел, мехтулел жал гьекъолел, хӏухьбахъи гьабизе лъаларел гӏолилазул бидул тӏадецуй хехго цӏикӏкӏуна. Гӏемерисезул гӏадат буго бетӏер унтулеб бугони унти къотӏизабулеб къуватаб дару гьекъолеб. Гьедин бегьуларо. Гьединго, тохтурзабаз абулеб буго гипертониялдалъун холезул къадар дагьлъизе рес бугин, чияс цаби-гӏусазда хадуб къойилго гьабулеб хъулухъ кинигин, тонометралдаса пайда босулеб бугони.\nБукӏине кколеб давление\nБидул тӏадецуялъул халгьабулелъул, манометралда бихьизабулеб тӏасияб ва гъоркьияб давлениялъул магӏна щиб? Сахав чиясул кинаб давление букӏине кколеб? ВОЗалъ бихьизабун буго, инсанасул бидул тӏадецуй кинаб букӏине кколебали ва гьеб цӏикӏкӏун бугони кинал унтаби лъугьиналда хӏинкъи бугебали. Тӏасияб давлениялъ (систолическое) бихьизабула ракӏ данде къараб заманалъ бидул тӏадецуй, гъоркьиялъин (диастолическое) абуни, ракӏ чучлъараб лахӏзаталда бидул букӏараб тӏадецуй. Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏанагӏан хӏинкъи буго рекӏел ишемикияб, инсульт, инфаркт, ургьисалаби, гипертония унтаби лъугьиналда. Сахав чиясул кинаб давление букӏине кколебали ва гьеб цӏикӏкӏиналдалъун инсанасул сахлъиялъе кинаб хӏинкъи бугебали бихьизабулеб таблицаялдаса пайда босула тохтурзабазгицин. Гьениб бихьизабун буго сахал гӏадамазе киназего рекъараб тӏасияб рахъалда — 120, гъоркьияб рахъалда – 80 букӏунин; гӏадатаб: тӏасияб — 120-129, гъоркьияб 80-89; гӏадатаб цӏикӏкӏараб давление: тӏасияб – 130-139, гъоркьияб – 85-89; тӏоцебесеб даражаялъул АГ (артериалияб гипертония): тӏасияб – 140-159, гъоркьияб 90-99; кӏиабилеб даражаялъул АГ: тӏасияб — 160-179, гъоркьияб – 100-109; лъабабилеб даражаялъул АГ: тӏасияб – 180, гъоркьияб 110; ИСАГ (тӏасияб гурони, гъоркьияб хисулареб давление): тӏасияб – 140-ялдаса цӏикӏкӏун, яги дагь, гъоркьияб 90.\n10 гӏилла\nГӏолохъаналин, хералин батӏалъи гьечӏо гипертониялъе. Гьединлъидал кигӏанги сахавин кколесги лъагӏалида жаниб кӏиго нухалда бидул тӏадецуй борцине ккола. Бокьараб ригьалда бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъе чанго гӏилла рехсола тохтурзабаз.\n1. Ирсалъе щвараб унти. Эбел-инсул гипертония бугев чиясулги гьединабго цӏикӏкӏараб давление букӏине рес буго. Гьединлъидал бидул тӏадецуялда хадуб халкквезе лъикӏаблъун рикӏкӏуна.\n2. Ригь. Аслияб къагӏидаялъ чӏахӏияб ригьалде рахиндал байбихьула гӏемерисезул бидул тӏадецуй цӏикӏкӏине, щайгурелъул бидурихьал заман анагӏан загӏиплъизе бегьулелъул.\n3. Жинс. Гӏемерисеб мехалда 45-64 сон барал бихьиназе цӏикӏкӏун зарал гьабула гипертониялъ. 65 сон баралдаса нахъе руччабазул рахӏат хвезабула гьелъ.\n4. Физическияб хӏалтӏи яги рагъа-рачари гьечӏолъи. Хӏалтӏуца ва спорталъ гӏадамазул чорхое ва бидул кьабиялъе лъикӏаб асар гьабула. Гьелъул магӏна кколаро анцӏ-анцӏ километралъ рекеризе яги захӏматаб хӏалтӏи гьабизе кколин абураб. Щибаб къоялъ гӏисинккун рекерулел яги цокӏалго рилълъанхъулел ругони, яги хур-хералъул гӏадатияб хӏалтӏи гьабулеб бугони, би лъикӏ хьвадула ва чорхоеги тӏадагьлъи букӏуна.\n5. Кьаралъи. Гӏадада гӏодорчӏеялъ ва гӏемер кванаялъ кьаралъула, хӏасилалда ракӏ, унтула, инсульт ккезе рес буго.\n6. Кваникълъи яги заралияб квен. Гӏемераб гьуинлъи кванаялъ, пучч гъорлъ бугеб кваница бидурихьазул хӏалтӏи хвезабула.\n7. Мехтизарулел жал. Гьоркьоса къотӏичӏого гьекъолдиялъ бидул тӏадецуй цӏикӏкӏинабула ва ракӏ кьаби хӏалуцинабула.\n8. Хъалиян бухӏи. Гьеб лъикӏаб гуреб хасияталъ ракӏ ва бидурихьал хехго басралъизарула, рес буго атеросклероз ва рекӏел ишемикияб унти лъугьинеги. Цо нухалда цӏараб хъалияналъ бащдаб сагӏаталъ бидурихьал къварид гьарула. Заман анагӏан гьелъ бидул тӏадецуйги борхизабула ва ракӏги хехго кьабизе байбихьула. Гьединабго хӏинкъи буго хъалиян цӏалезда аскӏор рукӏунезеги.\n9. Хӏухьел цӏазе захӏмалъи. Магӏарзухъа гӏемер кколел, пуланаб заманалъ магӏарзухъан хӏухьел цӏаялъулъ квалквалал ругезулги бидурихьал къварилъизе рес буго, гьелдалъун бидул тӏадецуйги цӏикӏкӏуна.\n10. Хӏалуцин, нерваби хвей. Ракӏхвеялъ ва хӏалуциналъ бидул тӏадецуй цӏикӏкӏинабула. Гӏалимзабаз чӏезабун буго цӏикӏкӏун чакар кваналездасаги, гьекъолдулездасаги, хъалиян цӏалездасаги, гӏорцӏизегӏан кьижуларездасаги цӏикӏкӏун унтулин стресс ккарал гӏадамал.\nХӏадур гьабуна\nПатӏимат Султӏанмухӏамадовалъ."}
{"slug": "5944-roshchnol-tierkhun-ulkagi-tun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5944-roshchnol-tierkhun-ulkagi-tun", "title": "Рощнолъ тӏерхьун улкаги тун…", "date": "2019-10-07 08:13:41", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго пластикалдаса инкар гьабизе кколин\nАхираб чанго соналда жаниб Германиялъул гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехаз бихьизабуна лъималазул чорхолъе пластикаялъул микрочастицаби кколел рукӏин. Германиялъул Сверухълъи цӏуниялъул федералияб министерствоялъул ва пачалихъияб институталъул специалистаз щуго соналда жаниб, гьоркьоса къотӏичӏого гьарулел рукӏана, 17 сонил ригьалде рахинегӏан лъималазул кӏващул анализал. Халгьабулеб букӏана кинаб къадаралда гьелда гъорлъ пластик батулебали. 97 проценталъул кӏващулъ ратана 11 батӏияб тайпаялъул пластмассаялъул лъалкӏал (микрочастицаби). Лъималазул чорхолъе гьеб химиялъул гӏаламатал расанкӏабаздасан яги шушбузухъа гьекъолеб лъедасан ккун бугин чӏезабуна немцазул гӏалимзабаз. Гьединго гьез абулеб буго анализазулъ рак унти лъугьинабулеб химикияб кислотаялъул (ПФОК) хутӏелал ратулел ругиланги. Гьез лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго пластикияб къайиялдаса тӏубанго инкар гьабизе кколин абун. Амма кинха гьелдаса цӏунилел, сверухълъиго гьелъ цӏун бугеб мехалда?\nЩай Россиялъе чияр рищни?\nТаможняялъул статистикиял баяназда рекъон, 2019 соналда Россиялъ къватӏиса пачалихъалдаса босулеб пластикалъул рищни-къулалъул къадар цӏикӏкӏана. Бищунго цӏикӏкӏун рищни-къул Россиялде бачӏуна Турциялдаса ва Белоруссиялдаса. Нилъер улкаялъе кинабниги 18 улкаялъ жидерго рищни-къул бичулеб буго – гьезда гьоркьоб буго СШАги Украинаги. Щайха Россиялъе чияр рищни, хасго гӏасрабаз турулареб пластик?\nРоссиялъ къватӏисел пачалихъаздаса босула рищни гуреб, хӏалтӏизабун гӏодобе рехараб пластик яги цогидаб къайи гьабизе бегьулеб магъакь. Россиялъул заводазде къватӏисел пачалихъаздаса пластикаялъул шушби рачӏуна дандеги къазарун ва гьелъул цӏидасан цогидаб алатги гьабула.\nТаможенниялъул статискиял баяназда рекъон, 2018 соналда къватӏисел пачалихъаздаса босун буго 20,3 миллион долларалде пластикиял хутӏелал. 2017 соналда дандеккун 32 проценталъ цӏикӏкӏун буго гьеб.\n2019 соналде щвезегӏан Россиялдаго букӏана ихтияр гьечӏого гьабураб 11000 рощнол гохӏ. Щибаб соналда Россиялда хӏалтӏизабула ва гӏодобе рехула пластикалъул шушбузул ва цогидабги полимералъулаб рощнол лъабго миллион тонна, амма гьеб къанагӏат гурони батӏа гьабуларо. Батӏа ва цогидаб магъкьидаса бацӏцӏад гьабула гӏицӏго 10-15 процент рощнол. Хутӏараб загьруяб полимералъул цӏураб рищни цебе ккаралъубе бан тола. Щайха нилъерго улкаги рощнолъ тӏерхьизе тун, заводазда хӏалтӏизабизе къватӏисел пачалихъаздаса рищни-къул босулеб? Россиялъул рищни цогидаб къайиялде буссинабулел заводаздаян абуни, рощнол сурсат гӏолеб гьечӏо, гьединлъидал къватӏисел пачалихъаздаса рощноде буссараб пластикаги босулеб буго. Нилъерго рищни-къул батӏа гьабун бакӏаризе кӏвахӏаллъиялъ яги кӏвар гьечӏолъиялъ къватӏисел пачалихъаздаса гӏарцухъ бичун босулеб буго рищни. Швейцариялда, Япониялда ва Канадаялда жидерго заводазда биун цогидаб къайи гьабизе пластикияб рощнол 90 процент хӏалтӏизабула. Россиялда гьединаб даражаялде рахине цо нусго соналдасаниги кӏвезе батила.\nРеформаялъул хӏасил\n2019 соналда Россиялда рищни бакӏариялъул ва гьелъухъ гӏарац кьеялъул къагӏидаби хисаралдаса байбихьана ихтияр гьечӏого гьарурал рощнол гохӏал дагьлъизариялде кӏвар кьезе. «Рощнол реформаялда» рекъон, гӏадамаз рищни батӏа гьабун базе кколаан къалазухъе. Улкаялъул цогидал регионазда кинаб къагӏидаялъ гьеб батӏа гьабулебали лъаларо, Дагъистаналда щибаб къолода тӏад игӏланал чӏваниги рищни батӏа гьабун бажаричӏо. Лъидаха гӏайиб бугеб? Гӏадамазул кӏвахӏаллъийищ гьеб? Гуро, гӏадатиял гӏадамазда бихьулеб буго гьез батӏа гьабуниги, гьабичӏого таниги, киналго къалазухъ бугеб рищни цого машинаялде тӏадеги бан баччун унеблъи.\nДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ «Лидер» УК регионалияб операторгун цадахъ Махӏачхъалаялда рагьана кӏиго «Экопункт». Гьел пунктазде бичун босула кӏиабилеб нухалда жиндаса цогидаб къайи гьабизе бегьулеб, гӏадамаз гӏодобе балеб пластик, цӏер, кагъат. Кагътил килограммалъухъ кьолеб буго кӏиго гъурущ, пластикалъул килоялъухъ – микьго гъурущ, цӏорохъ – кӏиго гъурущ. Гьединаб рищни-къул бичизе бегьула Махӏачхъалаялъул Шамилил къватӏалъул, № 34 минаялда ва Абубакаровасул къватӏалъул № 98 минаялда рагьарал «Экопунктазда». Махӏачхъалаялда гьединаб чанго пункт рагьизе бугин абулеб буго ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ.\nРищни-къул бичун босулел бакӏал\nТӏоцебесеб октябралда Махӏачхъалаялда, редукторазул поселокалда тӏобитӏана нилъеда сверухъ бугеб тӏабигӏат цӏуниялъул мурадалда, кӏиабизе хӏалтӏизабизе бегьулеб сурсат бичун босулеб, «Букӏинесеб цадахъ рекъон цӏунизин» абураб акция. Гӏурус учительницаялъе бараб памятникалда аскӏоб ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ ва «Лидер» УКялъ гӏуцӏараб акциялда гӏахьаллъана Махӏачхъалаялъул медицинаялъул колледжалдаса волонтерал, гьенир аскӏор ругел школазул цӏалдохъаби ва журналистал. Цӏалдохъабаз ричизе цадахъ росун рачӏана басриял тӏахьал, журналал, кагъат. Акциялъул аслияб мурадлъун букӏана нилъеда сверухъ бугеб тӏабигӏат, шагьаралда рацӏцӏалъи цӏуни.\n«Экопункт» проекталъул координатор Мухӏамад Мухӏамадовас бицана акция тӏобитӏулеб бугин тахшагьаралъул гӏадамазда кӏиабизе хӏалтӏизабизе бегьулеб басрияб къайи къабул гьабулел бакӏал Махӏачхъалаялдаги рукӏин лъазабизелъун.\n«Республикаялда «Экопунктал» рагьулел руго рацӏцӏалъи цӏуниялъул мурадалда. Гӏагараб заманалда Махӏачхъалаялда жеги гьединабго анлъго бакӏ рагьизе ракӏалда буго. Нижеца бичун босула кагъат, пластик ва цӏер. ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Карачаевас нижеда тӏадкъан буго Каспийск, Буйнакск ва Гъизилюрт шагьараздаги экопунктал рагьизе. Хадубккун цогидал шагьараздагун районаздаги хӏалтӏизабизе рес буго гьеб къагӏида. Нижеца бичун босараб ва данде бакӏарараб пластик щвезабула Дербенталъул предпринимателазухъе, цӏер битӏула Дагъистаналъул Огни шагьаралде — цӏер гьабулеб заводалде. Нижеца битӏараб цӏер гьениб биинабула ва гьелъул цогидаб къайи гьабула. Кагъатги чурун бацӏцӏад гьабула, хадуб бакъвазеги гьабун гьеб хӏалтӏизабулел бакӏазде бичула», — ян бицана Мухӏамад Мухӏамадовас.\n«Букӏинесеб цадахъ рекъон цӏунизин» абураб акциялда бицунеб букӏана нилъеца хӏалтӏизабун хадуса гӏодобе рехулеб рищни-къул нус-нус соназдасан гурони туризе гьечӏолъи.\nЧчугӏбуздасаги гӏемерал шушби\nДунялалъулго океаналде яги цогидал лъим бугел бакӏазде лъагӏалида жаниб балеб буго пластикаялъул рощнол микьго миллион тонна. ООНалъул хӏисабалда рекъон, 2050 соналда океаназулъ ва ралъдалъ ччугӏидаса гӏемер пластикаялъул рищни букӏине буго.\nБищунго гӏемер пластикияб рищни ралъдалъе балеллъун ккола Азиялъул югалъулгун бакъбаккул рахъалда ругел улкаби. Дунялалъулго океаналъул тӏинда ва дунялалдаго бищунго гъваридаб Мариинская гвендккелалъул тӏинугицин цӏун буго пластикалъул рищни-къулалъ. Чӏахӏияб пластик турун яги синтетикияб ретӏел чурулаго лъугьунеб, цо-цо ретӏел чурулел порошоказулъ ва цаби чурулеб жоялъулъ букӏунеб микропластик батун буго бищунго рорхатал мугӏрузул тӏогьибцин. Гьеб гьенибе альпинистаз гуро баччараб, гьороца хъамун бачӏун буго. Микропластик батула нилъеца гьекъолеб лъелъ, хӏатта шушбузухъе тӏун бичулеб лъелъцин.\nПластик чанго гӏасруялдасан гурони туруларин чӏезабун буго гӏалимзабаз. Жакъа къоялда нилъеца къватӏибе рехулеб пластикалъул рищни-къул нилъер лъималазул лъимал херлъараб къоялъгицин кибегӏаги тӏагӏине гьечӏо ракьалдаса, гьеб нилъецаго дагь гьабуни гурони.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "5945-giagarab-tial-i-giammab-ruk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5945-giagarab-tial-i-giammab-ruk", "title": "Гӏагараб тӏалъи — гӏаммаб рукъ", "date": "2019-10-07 08:16:12", "categories": ["barkiyal"], "text": "28 сентябралда кӏодо гьабуна Чӏарада район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай\nЧӏарадисезда цадахъ рохел гӏахьал гьабизе районалде рачӏун рукӏана гӏемерал гьалбал: магӏарул районазул бутӏрул ва республикаялъул хӏукуматалъул хӏалтӏухъаби.\nТадбиралда лъикӏаб гӏахьаллъи гьабун букӏана щибаб росдацаги. Гьез гӏуцӏун рукӏана жиде-жидер майданал ва гьенир гьалбадерица хӏалбихьана миллияб кванилги. Гьелдаса хадуб киналго данделъана Маданияталъул кӏалгӏаялъур. Хӏакъикъаталдаги гӏеч бортизе бакӏ гьечӏеб хӏалалда цӏунги букӏана гьеб. Киналго данделъун рукӏана 90 соналда жаниб районалъ нахъа тараб нухлул бицинеги, бицаде тараб гьелъул тарихалъухъ гӏенеккизеги.\nРайоналъул администрациялъул лъайкьеялъулгун маданияталъул идараялъул нухмалъулев Шамил Мустӏапаевас ва Дагъистаналъул Захӏматалъул бахӏарчӏужу Рашидат Гӏалиасхӏабовалъ кьураб саламалъги, саламалъулаб кӏалъаялдаса хадуб щибаб росдае сайгъат гьарун рикӏкӏарал кочӏол куплетазда гъоркь кодор ккун жидерго росу-ракь бихьизабурал игӏланалгун къватӏире рахъарал росабазул вакилзабазул церерахъиналдаса байбихьи лъуна байрамалъул официалияб бутӏаялъе.\nРайоналъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовас бицана районалъ нахъа тараб нухлул, социалиялгун экономикиял хиса-басиязул, спортсменазулгун творческияб интеллигенциялъул бергьенлъабазул, церечӏарал масъалабазул. Гьес баркала загьир гьабуна республикаялъул тӏалъиялъе районалде бугеб бербалагьиялъухъ, сундулъго гьабулеб квербакъиялъухъ.\n— Гӏемерал хиса-басиял ккана районалда. Амма хисичӏо халкъалъул жидерго гӏагараб росу-ракьалде бугеб бербалагьиги тӏалабчилъиги. Гӏагараб тӏалъи нилъее гӏаммаб рукълъунги ккола. Гьелъин халкъалъ ясбер гӏадин цӏунунги ругел жидерго гӏадаталги, гӏамалалги, бечедаб тарихги ва хӏаракатги бахъулеб буго лъикӏал ишаздалъун щивав чияс берцинал ва гъваридал лъалкӏал нахъе тезе, — ян бицана Мухӏидин Мухӏамадовас. — Жакъа нилъеца ракӏалдещвезаризе ккола инкъилаб бахъулагоги, кор боркьарал рагъул соназдаги халкъалъ бихьизабураб ва ирсалъе тараб гьунар, къохӏехьей, багьадурлъи. Нилъеца кӏудияб чӏухӏигун рехсола Совет Союзалъул Бахӏарчи Ахӏмад Гӏабдулмажидовасул, Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи Тӏинамухӏамад Къурбановасул, Россиялъул Бахӏарзал Ахӏмад Мухӏамадовасул ва Мухӏамад Багӏачиловасул цӏарал.\nНилъ чӏухӏула нилъер гьитӏинабго районалъул цӏар дунялалда рагӏизабурал машгьурал гугарухъаби, Олимпиязул хӏаязул чемпионал Гӏабдулрашид Сагӏадулаевасдаса ва Шарип Шариповасдаса. Баркала буго кидаго районалъе кумек гьабулел Пачалихъияб Думаялъул депутат Мухӏамад Хӏажиевасе ва Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏадулаевасе.\nРайоналъул жамагӏаталда байрам баркизе вачӏун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги. ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул баркиялъулаб кагъатги цӏалун, гьес бицана район гӏуцӏиялъул байбихьуда рукӏаразул, рагъда хадусел соназда улка цебетӏезабулаго хӏалтӏараб гӏелалъул, районалъул жакъасеб гӏумруялъул. Гьединго бергьенлъи баркана Гӏабдулрашид Сагӏадулаевасда ва Шарип Шариповасда.\nБайрамалда кӏалъазе вахъарав Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏадулаевас гьеб къоялъги бихьизабуна жиндирго сахаватлъи. Гьес гӏарцулал сайгъатал кьун кӏодо гьаруна Олимпиязул хӏаязул чемпионал Гӏабдулрашид ва Шарип.\nЧӏарадисезда байрам баркана ДРялъул росдал магӏишаталъул министр Абзагьир Хӏусеновас, спорталъул министр Мухӏамад Мухӏамадовас, транспорталъул министр Ширухан Хӏажимурадовас ва цогидазги. Районазул ва шагьаразул нухмалъулезул рахъалдасан баркиялъулаб кӏалъай гьабуна республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб зонаялда вугев вакил Мухӏамад Камиловас ва Гъуниб районалъул нухмалъулев Мудунхӏажи Къадировас.\nКинха букӏинеб байрам шапакъаталги кьечӏого?\nРеспубликаялъул министерствабазул ва райадминистрациялъул грамотабазе мустахӏикълъана гӏемерал районцоял — гӏухьби, дояркаби, пачалихъиял идарабазул хӏалтӏухъаби. Жамгӏияв хӏаракатчи, шагӏир Хӏабиб Давудовас «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» абураб цӏаралги меседил медалалги кьун кӏодо гьаруна Мухӏамад Мустӏапаев, Рашидат Гӏалиасхӏабова, Гӏабдулрашид Сагӏадулаев.\nХасаб чӏаголъи ва берцинлъи тадбиралъе кьуна маданияталъул хӏаракатчагӏазул церерахъиназги. Лъугӏана байрам. Чӏарадисезда гьоболлъиги рагӏизабун, хаду-хадурги дандчӏвазе щулияб рагӏиги кьун, жиде-жидер росабалъе, шагьаразде ана гьалбалги.\nАминат Мухӏамадова,\n«ЧӏАРАДА» газеталъул\nредактор"}
{"slug": "5946-tiolabgo-rossiya-sochiyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=5946-tiolabgo-rossiya-sochiyalda", "title": "«Тӏолабго Россия» — Сочиялда", "date": "2019-10-07 08:19:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кӏвар кьуна миллиял басмабазде ва газетазде\n«Дагъистан» басмаханаялъул нухмалъулев Гӏумаргӏусман Хӏажиевасул\nАраб анкьалда Сочиялда тӏобитӏана Россиялъул журналистазул «Тӏолабго Россия-2019» абураб цӏаралда гъоркь XХӀII форум. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна 1300-ялдасаги цӏикӏкӏун журналистас. Улкаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса, районаздаса рачӏарал рагӏул устарзабаз, гӏемерал пикраби, суалал, хӏалтӏул цӏиял къагӏидаби дандрана, журналистазул лъикӏаб хӏалбихьиялъул пайдаял мисалазул бицана. Гьелде тӏадеги, форумалда бицана жакъа миллиял мацӏазда къватӏире риччалел газетазул, журналазул хадубккунисеб къисматалъулги.\nЖурналистазда форум баркана Россиялъул президент В. Путиницаги. Гьес битӏун бачӏараб баркиялда хъвалеб буго гьединал дандчӏваяз хъвадарулел чагӏазул махщел камиллъиялъе ва гӏунгутӏаби тӏагӏинариялъе кумек гьабулин.\nФорумалда гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса 30-гӏан журналистасги. Щибаб санайил тӏобитӏулеб форум гьеб бугелъул, исанаселда бицана Россиялъул Журналистазул союзалъ 100 сон, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъ 60 сон тӏубаялъулги.\nФорумалда «Миллиял мацӏал ва культура цӏуниялъулъ миллиял газетазул ва журналазул кӏвар» абураб суалалда тӏасан «гургинаб стол» гӏуцӏана Дагъистаналъул вакилзабаз. Гьениб ракӏунтараб хабар ккана жакъа рахьдал мацӏазул бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасан. Гьеб рахъалъ лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏал буго гӏицӏго нилъер республикаялда гуребги, цогидал миллатазул гӏумрудулъги. Гьединаб пикру загьир гьабуна гьенир гӏахьаллъарал Адыгеялъул, Кабардино-Балкариялъул, Карачаево-Черкесиялъул, Туваялъул, Удмуртиялъул, Чачаназул, Чувашиялъул, Ханта-Мансиялъул, Якутиялъул ва цогидалги республикабазул журналистазги.\nДандчӏваялда кӏвар бугел лъугьа-бахъиналлъун ккана Дагъистаналъул машгьурав журналист Гӏабдулхӏамидов Аликберица авторазул макъалабазул къецалда тӏоцебесеб бакӏ кквейги. Гьев нилъеда лъала «Скорпион» операция гӏодобчӏвай» абураб 1999 соналда Дагъистаналъул халкъалъ Россиялъул аскаралгун цадахъ республикаялде террористал кӏанцӏидал, гьезде данде гьабураб рагъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехьалъул ва цогидалги кӏвар бугел асаразул автор хӏисабалда. Доб хӏалуцараб заманалда Аликберица инкар гьабуна рагъулъ гьабураб гӏахьаллъиялъе гӏоло кьолеб букӏараб орденалдаса ва Республикаялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏаралдаса.\nФорумалъул гӏахьалчагӏи дандчӏвана Россиялъул президентасул Администрациялъул жамгӏиял проектазул управлениялъул нухмалъулев Сергей Новиковгунги. Гьениб хабар ккана газет-журналазул подписка гӏодобе ккеялъул, гьебго заманалда гьел цӏалулезухъе щвезаруралъухъ почалъ унеб гӏарац цӏикӏкӏиналъул, басмаялда рахъулел макъалабазда журналистаз хӏукуматалъул нухмалъулезде гьечӏеб гӏайиб гӏунтӏизабиялдалъун ккезе бегьулел хӏасилазул, районазул газетазул къисматалъул. Хасго кӏвар бугеблъун букӏана къватӏисел пачалихъазул жакъасел хъвадарухъабаз нилъер ватӏаналъул тарих хисизаби мурадалда гьарулел ругел гьужумазул хӏакъалъулъ гара-чӏариги. Гьениб бихьизабуна гьаб заман бугин дунялалъул информациялъул алатазда киназго гьереси хъвалеб, тарих бокьухъе хисизабизе хӏаракат бахъулеб заман. Гьеб суалалда тӏасан кӏалъалаго, Пермь краялъул сенатор Алексей Пушковас абуна «Россиялъул цӏияб гӏел кватӏичӏого божизе бугила Кӏудияб Ватӏанияб рагъда Россиялъ гуреб, Британиялъул кумекалдалъун Америкаялъ бергьенлъи босанилан абулеб гьересиялда».\nАмма кин бугониги, дир хӏисабалда, арал соназ тӏоритӏулел рукӏарал дандчӏваязде дандеккун гьаб форумалда цо ракӏунтараб чӏаголъи дагь букӏана. Щибха лъалеб, гьаб заманалъул тӏалабал гьединал ратизеги бегьула.\nФорумалда цо къо букӏана хасгьабун миллиял мацӏазда рахъулел газетазе биччарабги. Гьениб Дагъистаналъул, Туваялъул, Чачаназул, Ханта-Мансиялъул ва цогидалги республикабазул журналистаз загьир гьабуна гьел басмабазул бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏал ва цоцазе кумек гьабизе бугеб хӏадурлъи.\nФорумалда Дагъистаналъул Журналистазул союзалъ хадубккун цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе къотӏи-къай гьабуна Абхазиялъул, Монголиялъул, Красноярскалъул Журналистазул союзазулгун. Гьелъ рес кьезе буго республикаялъул тарихги жакъасеб къоги гьезда лъикӏго лъазабизе ва нилъехъе гьалбал цӏикӏкӏун рачӏине.\nЗикрула Илясов"}
{"slug": "6002-pal-tiamichiogo-giilla-balage", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6002-pal-tiamichiogo-giilla-balage", "title": "Пал тӏамичӏого, гӏилла балагье", "date": "2019-10-14 07:45:57", "categories": ["med"], "text": "Бер тӏеркӏани – миокимия, гьекӏдани – ургьимесалъул унтаби\nБер тӏеркӏани, рикӏкӏада гӏумру гьабун вугев гӏагарлъиялъул чи вихьулин абулаан умумуз, гьекӏдизе лъугьиндал — дур рахъалъ цогияз квешаб хабар бицунеб батулин хӏинкъизарулаан. Гьакӏкӏадулев чи вихьани, гьебги берккеялъул гӏаламатлъун рикӏкӏуна. Медицинаялъин абуни, гьел рехсарал жал рикӏкӏуна цо-цо унтабазул гӏаламаталлъун. Беразда сверухъ ругел ччорбал чанго секундгӏанасеб заманалъ тӏеркӏезе бегьула. Цо-цо мехалда тӏубараб моцӏалъгицин тӏеркӏелел рукӏуна. Нагагь гьеб хӏал халатбахъунеб бугони яги гьелдаго цадахъ гьурмал цогидал бакӏалги тӏуркӏизе лъугьани, невропатологасухъе ине гӏедегӏил гьабизе кколин абула специалистаз. Хӏисаб гьабидал, бер тӏеркӏеялъ нилъеда бицуна пуланав гьобол вачӏиналъул гуреб, сахлъиялъул гӏунгутӏи букӏиналъул. Масала, гӏемерисеб мехалда ракӏбакъвайдал, ургъалилъе ккедал яги ццидахиндал тӏеркӏезе лъугьуна бер. Нервопатологазги гьеб гӏаламат нервабазул батӏи-батӏиял унтабазда бараблъун рикӏкӏуна, миокимия бугин абула. Миокимия лъугьиналъе батӏи-батӏиял гӏиллабиги рукӏине бегьула:\n— батӏи-батӏиял неврологиял (блефороспазм яги Лу Геригил, Паркинсонил) унтабаздаса хадуб централияб нервабазул система (ЦНС) хвей;\n— инфекциялъулал унтаби (грипп, ОРВИ, конъюктивит, блефарит);\n— чорхолъ микроэлементал, хасго магний ва В витаминал гӏунгутӏи;\n— берал свакай, хӏалщвей (гӏемераб мехалда компьютералда нахъа гӏодорчӏей, цӏалдей);\n— берал ракъваялъул синдром;\n— хӏалуцин (стресс);\n— цо-цо дарабаз гьабулеб асар (депрессиялде данде, антигистаминниял (аллергиялде данде) дараби);\n— аллергия.\nБеразда сверухъ бакӏ гуреб цохӏо тӏасияб тӏелех тӏуркӏулеб бугони, гьеб гӏаламат беразул унтуда бухьинабула тохтурзабаз. Беразул жанисеб унти бугищали халгьабула офтальмологас.\nМиокимиялъул кинабгӏаги гӏаламат дандчӏвани, тохтурасухъе ине ккола, щайгурелъул гьел гӏаламатазулъ бахчун батизе бегьула нервабазул яги беразул унти.\nГьекӏдари\nГӏемерисеб мехалда гьекӏдизарула гьитӏинал лъимал. Гьеб нилъеца кӏвар гьабичӏого толеб гӏаламат халатбахъунеб бугони, сахлъиялъул гӏунгутӏаби ратизе бегьула. Инсанасул ургьимес яги цогидал лугбал цӏуниялъе квербакъула гьекӏдиялъ. Инсанасул черх цӏуниялъул гӏаламатлъун рикӏкӏуна цӏакъго гӏемер кванан кванирукъ цӏедал, хехго кваналелъул яги черх цӏорораб мехалда лъугьараб гьекӏди. Цо-цо мехалда ццим бахъиндал яги хӏалуциндал лъугьунеб, хадуб гӏодоре риччайдал чӏолеб нервабазулаб гьекӏдиги зарал гьечӏеблъун рикӏкӏуна. Гӏемераб мехалда халатбахъунеб, чехьги керенги унтизабулеб гьекӏди батӏи-батӏиял унтабазул гӏаламатлъун батизеги бегьула. Масала, чехь-бакьалъул лугбал яги гьуърул гьорон ругони, гьелъ турутрукъ (диафрагма) хӏалуцуна ва гьекӏдизарула. Гьуърузда яги тӏулада сахлъулареб гьорой (опухоль) лъугьун букӏиналъул гӏаламатлъун батизеги бегьула. Бетӏер ва гӏадалнахул цо-цо унтаби, рахунел унтаби, миокардалъул инфаркт, психикияб хӏалуцин бугелги халатбахъун гьекӏдизаризе рес буго.\nКӏиго къоялдаса цӏикӏкӏун яги моцӏица гьекӏдизавулев чи чара гьечӏого тохтурасухъе ине ккола. Гьеб букӏине бегьула кванирукъалда ругъун лъугьиналъул гӏаламатлъун яги тӏул, ццидал къвачӏа яги цӏекӏгьан унтиялъул гӏаламатлъун.\nХалатбахъунареб гӏадатияб гьекӏдиялъул инсанасул сахлъиялъе къварилъи гьечӏо. Гьединаб гьекӏди хехго лъугӏизабизе бокьани, хӏалтӏизаризе бегьула батӏи-батӏиял, къагӏидаби. Масала, Гиппократица абулаан гьекӏди чинхъиялъ къотӏизабулин.\n— Чанго секундалъ хӏухьел ккун чӏела.\n— Гьитӏинал лъимал гьекӏдула квачалел ругони яги цӏакъго гӏорцӏун ругони. Гьединлъидал гӏорцӏараб лъимадул мугъ лъухьани, гьекӏди къотӏула.\n— Хехго кваналелъул щокъроб квенги речӏчӏун гьекӏдизаруни, гьеб хехго инабизе кӏола кӏиябго кверги цоцаца ккун, столалда тӏад лъураб лъел кружкаялде тӏадеги къулун, кверазул кумекги гьечӏого лъим гьекъани.\nХалатбахъараб гьекӏди кидаго гуро кинабалиго унтул гӏаламатлъун букӏине бегьулеб. Гиннессил чӏелазул тӏехьалъул баяназда рекъон, Америкаялдаса Чарльз Осборн гьоркьоса къотӏичӏого гьекӏдун вуго 1922 соналдаса 1990 соналде щвезегӏан. Гьес кӏигониги лъадиги ячана ва гьезие микьго лъимерги гьабуна.\nГьакӏкӏади\nГӏалимзабаз чӏезабун буго инсан гьакӏкӏадулин эбелалъул ургьив вугеб мехалдаса нахъего ва тӏоцебесеб нухалда – ургьиб 12 анкь барабго. Гьуърузулъе цӏикӏкӏун кислород щвезе ва гьениб цӏияб гьава хьвадизабизе (вентиляция) кумек гьабула гьакӏкӏадиялъ. Гьакӏкӏадулебгӏан заманалъ цӏикӏкӏун гьава цӏалелъул, бидулъги кислород цӏикӏкӏуна, гьелдалъун лъикӏлъула гӏадалнахул ва гьурмал тӏомол би хьвади. Гӏемерисеб мехалда гӏадамал гьакӏкӏадула радал ва къаси кватӏараб гӏужалда. Гьелъги кумек гьабула гӏадалнахалъе гӏураб къадаралда кислород щвезабизе. Гӏемер цӏалдолел яги гӏакълияб рахъалде хӏал кколеб хӏалтӏуца нервабазул клеткаби жалго цӏунизе тӏамула ва гьел загӏипго хӏалтӏула. Гьакӏкӏадиялъ инсанасда ракӏалдещвезабула гӏадалнахуе хӏалхьи хӏажат букӏин. Цо-цо мехалда гӏадамал гьакӏкӏадула цогидав чи гьакӏкӏадулев вихьаниги. Гьелъие гӏилла лъалеб гьечӏо гӏалимзабазда.\nПайдаял гурелги заралиял рахъалги руго гьакӏкӏадиялъул. Цо-цо мехалда гӏилла гьечӏого гӏемер гьакӏкӏадулев чиясул гормоналияб низам хун батизе бегьула яги чакрил диабет, склероз унтаби ратизе бегьула.\nМакьицаги гӏорцӏун вугони, хӏал кколеб хӏалтӏиги гьабулеб гьечӏони, инсан гьакӏкӏадиялъул цогидал батӏиял гӏиллаби рукӏине бегьула. Масала, чакрил диабет бугев чиясул чорхол клеткабазулъе гӏураб къадаралда глюкоза щоларо ва энергия кьоларо. Гьеб мехалда унтарав цӏакъ свакарав гӏадин ва кидаго макьихун вукӏуна.\nИнсан гьакӏкӏадизавула артериалияб давление гӏодобе ккараб мехалдаги. Гӏемер гьакӏкӏади унтилъун рикӏкӏине кколарин абулеб буго тохтурзабаз.\nЧинхъи\nИнсан чинхъула, чорхое гьабураб кинабгӏаги асаралъе жаваб гьабулеб хӏисабалда. Масала, бецӏаб бакӏалдаса къватӏахъе щведал, бадиб речӏчӏараб бакъул чӏоралъцин чинхъизарула. Гьединго чинхъиялъе гӏиллалъул букӏине бегьула аллергия яги квачалъул унти. Гьелъул магӏнаги ккола аллергияги рахунел унтабиги чорхолъ цӏуничӏого чинхъун къватӏире рачӏин.\nЧияда рагӏуларедухъ, гьаракь биччачӏого мегӏерги кӏалги бахчун чинхъула гӏемерисел. Тохтурзабаз абулеб буго мегӏерги кӏалги бацизабун «ургьирго чинхъиялъ» гӏундузе зарал гьабизе бегьулин. Чинхъулелъул, цо секундалда жаниб 120 метралъул хехлъиялда къватӏибе бачӏуна гьава. Кӏалги мегӏерги бацинабуни, гьеб къватӏибе бачӏунеб букӏараб чорокаб хӏацӏу цӏикӏкӏараб тӏадецуялъ мегӏер мукъулукъгун цолъулеб бакӏалда рукӏунел гӏундузул трубабазухъе ккезе рес буго. Гьелъул хӏасилалда жанисел гӏундул (слуховая труба) гьорозе (воспаление) рес буго, гьединго лъугьине бегьула синусит (жаниса мегӏер гьорой), гайморит, фронтит унтабиги.\nМегӏер ва кӏалги бацун чинхъиялъул хӏасилалда, чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул внутричерепное давление лъугьинеги рес бугин абула отолорингологаз.\nХӏадур гьабуна\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВАЛЪ."}
{"slug": "6003-imam-shamil-kavkazal-ul-bakhiarchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6003-imam-shamil-kavkazal-ul-bakhiarchi", "title": "Имам Шамил – Кавказалъул бахӏарчи", "date": "2019-10-14 07:48:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ХӀX гӏасруялда гьев вукӏана бищун машгьурав кавказияв. Гьединавлъун хутӏила гьев хадусел гӏасрабаздаги\n160 сон ана имам Шамилил бетӏерлъиялда дагъистаниязги, чачаназги, цогидал кавказалъулазги эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло Россиялъул империялде данде гьабулеб букӏараб къеркьей лъугӏизе таралдаса. Дунялалъул тарихалда къанагӏатги гьечӏо Кавказалъул магӏарулаз гӏадин анцӏ-анцӏ соназ къуватаб империялде данде гьабураб рагъул тарихги хӏужаги. Гьеб къеркьеялъул хӏакъалъулъ тӏахьал, хӏалтӏаби хъвалел руго тарихчагӏаз, унел руго бахӏсал, гьоркьоб къотӏулеб гьечӏо цӏех-рех. Хасго кӏвар кьолеб буго имам Шамилиде – рагъул цевехъанасде, гӏалимчиясде, полководецасде, бахӏарчияв инсанасде. Гьеб бичӏчӏулеб жоги буго. ХӀX гӏасруялда гьев вукӏана дунялалда бищун машгьурав кавказияв. Гьединавлъун хутӏила гьев хадусел гӏелазеги гӏасрабазеги.\nЛъабабилеб октябралда республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана имам Шамилида ва Кавказалъул рагъул тарихалда хурхун кӏигониги тадбир: «Имам Шамил ва Кавказалъул рагъ: тарих мекъи сверизабулеб бугеб куц» абураб темаялда тӏасан «гургинаб стол», «Дагъистаналъул ва Россиялъул тарихалда имам Шамилил кӏвар» абураб темаялда гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьел тадбиразул хӏаракатчагӏилъун рукӏана халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаев ва имам Шамилил хӏакъалъулъ тӏехь хъварай Мариам Ибрагьимовалъул цӏаралда бугеб рахӏмуялъулаб фондалъул председатель, Мариам Ибрагьимовалъул вас, социологиял гӏелмабазул доктор, профессор, Россиялъул гумманитариял гӏелмабазул академиялъул хӏакъикъияв член Рустам Ибрагьимов. Гьел тадбиразда гӏахьаллъи гьабуна тарихалъул гӏалимзабаз гуребги, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз, диниял ва жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, гӏагараб ракьалъул тарих бокьулел гӏадатиял гӏадамаз.\nИмам Шамил асир гьавунищ?\nАслияб суал букӏана 1859 соналъул 25 августалда Гъунибмагӏарда рагъ къотӏизе тарав имам Шамил асир гьавунищин абураб. Гьев асир гьавичӏин, Барятинскиясулгун гара-чӏвариги гьабун, рагъ къотӏизе танин имам Шамилицаян абуна тарихчи Тимур Айтберовас. Дагъистаналъул специалистазе хӏажат руго кодор ругел документал, хъвай-хъвагӏаял печаталда рахъизе. «Бакӏалъулал документал къватӏире рахъизе ккола, нижер умумул къад рагъулел рукӏана, къаси лъугьараб-тараб къалмидеги босулаан. Нилъехъ нахъе хутӏун руго гӏемерал гӏарабалъ ва гӏажамалъ хъварал хъвай-хъвагӏаял. Гьел данде гьарун, таржамаги гьабун печаталда рахъизе ккола», — ян абуна Т. Айтберовас.\nРеспубликаялъул бетӏерасул гӏакълучи Камил Ландаца абуна: «Кавказалъул рагъ лъугӏаралдаса дагъистаниязул ва кавказалъулазул чанго гӏелалъ жакъа къоялде щвезегӏанги гьеб рагъда жалго къураллъун рикӏкӏунаро. Дагъистаниял Россиялда гьоркьоре рачӏана жидерго къадругун», — ан. Аслияб докладгун кӏалъазе вахъарав профессор Рустам Ибрагьимовас бицана: «Батӏи-батӏиял феодалиял гӏуцӏабазде рикьун рукӏарал дагъистаниялги тейпабазде рикьун рукӏарал чачаналги цолъизарун, имам Шамилида кӏвана Кавказалъул, Европаялъул ва дунялалъулго тарихалда тӏоцебе демократияб, инсан ващадавлъун, эркенавлъун гьабураб пачалихъ-имамат гӏуцӏизе. Гӏагараб ракьалда жидее бокьухъе гӏумру гьабизе, дин гьабизе тей, лъилниги кверщаликье ккезе бокьичӏолъи – гьеб букӏана Кавказалъул магӏарулазул къеркьеялъул аслияб байрахъ, идеология. Кавказалъул рагъул тарихги, имам Шамилилги гьесул рагъулал церехъабазулги цӏаралги, ишалги мекъи сверизаризе хӏаракат бахъулел камулел гьечӏо», — ян. Р. Ибрагьимовас ракӏалдещвезабуна Кавказалъул рагъги, имам Шамилил полководецасул, рухӏияв цевехъанасул цӏех-рех гьабулезда гьоркьор кӏиго батӏияб къокъа бугилан Расул Хӏамзатовас абурал рагӏабиги: «цоял шамилоедал ругила, цогидал шамиловедал ругила».\n«Гьабсагӏаталда «тӏегьалел руго» шамилоедал. Кьучӏал баяналги кодор гьечӏого гьез гӏакса сверизабулеб буго халкъалъул багьадурасул рагъги тарихги. Имам Шамил Гъунибмагӏарда асирлъун восанилан бихьизабураб, гьеб тасдикъ гьабулеб цониги хъвай-хъвагӏай, хӏужа гьечӏониги, хъвалеб буго Шамил асир гьавунин. Гьеб пикру ритӏухъ гьабизе цо-цо тарихчагӏаз тӏадчӏей гьабулеб буго имам Шамилица Черкесиялда вукӏарав жиндирго наиб Мухӏамад-Аминихъе хъварабилан рикӏкӏунеб кагътида. Гьелда хъвалеб буго: «Дун рази вуго, баркала кӏудияв падишагьасе. Гьес дие бихьизабун буго анкьазарго тумен, рорхатал рукъзабазул лъикӏаб минаялъуб гӏумру гьабулев вуго дун. Дир руго хириял халичаби ва цӏарагӏ»… Шамилица киса гурин, цогидав бокьарав бихьинчияс кагътида гьеб жо хъвалищ? Гьеб кагъат бахъун буго цо нилъерго тарихчӏужуялъ жиндирго тӏехьалдаги. Гьеб Шамилица хъвараб кагъат гуро. Гьеб кагъат цӏализе дица кьуна Россиялъул бусурбабазул динияб управлениялъул председатель Равил Гайнудинил кумекчи, нилъер ракьцояв, гӏарабист Ахӏмад Гӏазимовасухъе. Ахӏмадица абуна гьадинаб кагъат Шамилица хъвазе ресго гьечӏин. Тӏехьалда гьеб лъелелде дой тарихчӏужуялъ Шамилил квералъ хъварал цогидал кагътаздегӏаги данде кквезе ккеларищ. Гьеб кагъат буго батӏияб хатӏалъ хъвараб. Шамилица хъварал, гъоркь гъулбасарал цогидал кагътал дида рихьана.\nГьединабго буго цо-цо тарихчагӏаз рехсолеб Гъунибмагӏарда рагъ къотӏизе тун хадуб Барятинскияс пача Александр Кӏиабилесухъе «Война окончена. Шамиль пленен, его отправили в Петербург» абун телеграммаги битӏанин хъвайги. Дица гьединаб телеграмма цӏехечӏеб архив хутӏичӏо. Гьеб батичӏо. Батилищха букӏинего букӏинчӏеб телеграмма. Букӏарабани гьединаб геополитикияб кӏваралъул телеграмма Москваялъул, Санкт-Петербургалъул архивазда цӏунун хутӏилаан ялъуни кибниги хъвай-хъвагӏай букӏинаан.\nЖакъа цо-цо тарихчагӏаз далиллъун рачунел Кавказалъул рагъул ва имам Шамил асир гьавунин абурал кагътазул, документазул экспертиза гьабизе ккола, щайгурелъул гьел руго гьересиял. Шамил асир гьавунин абурал рагӏабиго руго ургъун рахъарал, гӏелмияб мацӏалъ абуни, фальсификация. Асирлъуде уна хъахӏаб байрахъги борхун, рорхун эхеде квералгун. Шамил Барятинскиясулгун гара-чӏвариязде ана рекӏун чодагун, бан ярагъгун. Киназго тӏадчӏей гьабулеб «Барятинский принимает пленного Шамиля» абураб немцав Теодор Горшельтица бахъараб сурат буго ритӏухълъи гьечӏеб. Гьеб сурат Т. Горшельтица бахъун буго 1865 соналда, ай Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб анлъго соналдасан Александр Барятинскиясул гьитӏинав вац Владимир Барятинскияс гьарун. Гьелдасан бичӏчӏулеб буго Барятинский кӏодо гьавун сурат бахъи художникасул мурад букӏараблъи. Барятинский гӏодов чӏун, Шамил цеве вахъун чӏун бахъун буго сурат. Бичӏчӏулеб жо, А. Барятинскияс живго гӏадав рагъул бетӏер гӏодов чӏун къабул гьавизе вукӏинчӏо, гьеб букӏинаан гьес живго гӏодовегӏан гьавилъун. Кьучӏаб документ буго Россиялъул пача Александр Кӏиабилес Барятинскиясухъе битӏараб. Гьелда абулеб буго бокьарал шартӏазда Шамилилгун рекъел гьабеян ва хехго рагъ лъугӏизе жигар бахъеян абураб», — ан бицана Р. Ибрагьимовас.\nКӏалъаялъул ахиралда Ибрагьимовас абуна батӏи-батӏиял архиваздаса жеги лъалел рукӏинчӏел документалги, хъвай-хъвагӏаялги, материалалги ралагьун имам Шамилил ва Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ жиндица хъвараб лъабго томалдаса данде гьабураб тӏехь-трилогия кватӏичӏого къватӏибе бачӏине бугилан.\nГӏелмиял конференциял\nтӏоритӏизе руго\nКонференциялда кӏалъалаго халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаевас абуна «гургинаб столги», гӏелмияб конференцияги тӏобитӏи бугила Шамилил фондалъ цебесеб соналдаго планалде босараб тадбир. Кавказалъул рагъда хурхарал гьединал гӏелмиялгун практикиял конференциял тӏоритӏизе руго доб къеркьеялда гьоркьоре цӏан рукӏарал Северияб Кавказалъул халкъазул ракьазда – Чачаналъ, Ингушетиялда, Кабардино-Балкариялда, Адыгеялда, Абхазиялда, Карачаево-Черкесиялда. Чачаназул бетӏер Рамзан Къадировас имам Шамилги, гьесул ишазулги бицун кӏалъай гьабиялда хурхараб гьечӏин конференция тӏобитӏийин абуна Гӏ.-А. Хархачаевас данделъиялда гӏахьаллъарас кьураб суалалъе жаваб гьабулаго. Рустам Ибрагьимовас абуна жинда хӏакъикъат лъачӏого Р. Къадировас кьурал суалазе гӏелмияб кьучӏалда мухӏканал жавабал кьезе кколила. Гьеб гӏилла кколарила Дагъистаналъул ва Чачаналъул гӏасрабазулаб вацлъиялъулал гьоркьорлъабазде гьогьен рехизабе.\nТарихиял гӏелмабазул кандидат Зураб Хӏажиевас абуна Р. Къадировас цебелъураб анкьабго суалалъе жинца чӏванкъотӏарал жавабал кьуниланги.\n1859 соналъул августалда имаматалда лъугьун букӏараб захӏматаб хӏалалъул, чӏахӏ кванаялде халкъ ккун букӏиналъул, кӏудияб империялде данде лъебергогӏан соналъ рагъулаго халкъ тӏагӏиналде ккараб мехалъ, тӏаде кумек щвезе ресги гьечӏолъиялъ имамас рагъ къотӏизе теялъул бицана тарихиял гӏелмабазул докторал Хӏажи-Мурад Доногъоца ва Закарья Нахибашевас. Гьез борхана Махӏачхъалаялда имам Шамилие памятник лъезе ккеялъул суалги. Дагъистаналъул ва Россиялъул тарихалда кӏвар бугеб лъугьа-бахъинлъун букӏана гьеб рагъ. Рагъ къотӏизе тейги букӏана кӏиябго рахъалъул гӏакъилаб ишлъун. Эркенаб Кавказалъул мугӏрузул халкъаз эркенлъиялъе гӏоло гьабулеб рагъалъ, гьайгьай, асар гьабуна Россиялъул империялда халкъ лагълъиялдаса эркен гьабиялъе. Гьениб 1861 соналда хисизабуна крепостное право, ай лагълъиялдаса тархъан гьабуна империялъул халкъ.\nУмумузул бахӏарчияб тарих лъалеб букӏиналъул, имам Шамилиде, Кавказалъул халкъияв Бахӏарчиясул гӏумруялде ва хӏаракаталде гӏалимзабазул, тарихчагӏазул гуребги, гӏадатияб халкъалъулги интерес букӏин якъинго бихьана данделъиялда жидерго пикраби-суалалгун кӏалъазе рахъарал Мухӏамадхан Хӏамзатхановасул (Волкхан), Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовасул, Ахӏмад Гӏабдурахӏмановасул, Хӏажи Хӏажиевасул ва цогидазулги церерахъиназдасан.\nКонференциялда гӏахьаллъи ва магӏнаяб кӏалъай гьабуна республикаялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тӏоцевесев заместитель Сайгидахӏмад Ахӏмадовасги.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "6004-tsonigi-batichio-bechichiuleb-khieleko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6004-tsonigi-batichio-bechichiuleb-khieleko", "title": "Цониги батичӏо бечӏчӏулеб хӏелеко", "date": "2019-10-14 07:49:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьитӏинав Драгомирица рагьулеб буго дунял\nНилъеда гьоркьор къанагӏатги ратиларо мегӏергун гӏалахги, ралъадгун гӏорги бокьуларел чагӏи. Щибабкъойилаб хӏалтӏуда свакараб мехалда хӏаракатги бахъула тӏабигӏаталде хӏухьбахъи гьабизе ине. Цебе росу тун къватӏире бихьинал унел рукӏун ратани, гьанже руччабиги уна ва гьел щоларел бакӏалги дунялалда къанагӏатги ратиларо. Цебе даран-базаралъ къватӏисел улкабазде унел рукӏун ратани, жакъа гӏемерисел уна берцинаб тӏабигӏат бихьизеги, тарихиял бакӏазде щвезеги. Палхӏасил, дунялалда тӏадго къойидаса къойиде цебетӏолеб буго туризм. Гьелдаго цадахъ гӏемерлъулел руго нилъер республикаялде рачӏунел туристазул къадарги. Гьезие бищун рокьулел бакӏаллъунги лъугьун руго Сулахъалъул къварилъиги, Сары-кум салул гохӏги, бищун некӏсияблъун рикӏкӏунеб Дербент шагьарги, Самуралъул лиановияб рохьги ва гӏемерал цогидал бакӏалги.\nГьал къояздайин абуни Дагъистаналде рачӏарал туристал къабул гьаруна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазги. Гьел ккола Кировалдаса рос-лъади ва гьезул вас, гьединго цо москваялъулавги. Кировалдаса хъизам щибаб соналъ щола батӏи-батӏиял бакӏазде ва Инстаграмалда гьезул буго жидерго васасул «Драгомир открывает мир» абураб цӏаралда гьумерги.\nГьалбал хириял дагъистанияз гьоболасул мурад кидаго тӏубала, ва гьедин нижги къватӏире рахъана Ахӏулгохӏдеги, Чӏиркъатӏеги, Сары-кумалдеги щвезе. Мугӏруздасан унеб нух киданиги бихьичӏел гьалбал Буйнакскалде щвелалдего рукӏана гӏажаиблъи гьабун. Унго, цо берцинлъийилан абулеб букӏана гьез гьоркьоса къотӏичӏого. Чанцӏулго гьеб нухдасан хьваданиги нижеда бихьичӏебги бихьизабуна гьез. Ахӏулгохӏде щолелъуб бараб музей-хъала рахан батидал, пашманлъана. Гьечӏоан гьениб музеялъул хӏалтӏухъабазул телефоналъул номер хъвараб бакӏцин. Бокьун букӏана гьезухъе ахӏизе, музей рагьулищ яги рагьуларищан гьикъизе. Амма заманалдасан тӏаде щвана музеялъул хӏалтӏухъаби ва Жамиляца рехсарал тарихиял лъугьа-бахъиназ кӏочонго тана гьел кватӏиги, гӏадада чӏезе ккейги.\nГьенисан ана Чӏиркъатӏа росдал музеялде. Цӏакъ лъикӏаб гьоболлъи гьабуна музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовасги хӏалтӏухъабазги. Ибрагьимица бицана музеялда бугеб щибаб экспонаталъул хӏакъалъулъ ва абуна гьалбадерие бокьани гьел «Этнодомалдеги» ине бегьулин. Гьенире ниж рачана Хӏабизатица. Гьалбал къабул гьаризе хӏадурго ятана Хӏаби, ва, заман иналдего, нижеда цере лъуна панкъалги, хӏанги, гьанги.\nПавелиеги Наташаеги бокьана чанго сордо базе гьенирго чӏезе. Гьезие бокьана Хӏабица гӏака бечӏчӏизе тӏамиги, тӏох хардаса бацӏцӏад гьабиги, пайдаял хурдул ракӏаризе ине рукӏинги.\n«Этнодомалъул» хважаиналъ бицана гӏемераб гӏарац хванин гьаниб букӏараб басриябго рукъ рукӏалиде ккезабулаго. Исана гӏезегӏан туристалги рачӏанила росулъе, гьел разигоги хутӏанила гьаниб бихьа-таралдаса.\nРадиоялъул журналист Наташа Белкиналъ бицана анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сон бугин жидер, гьитӏинав васгун цадахъ тира-сверулел ругелдаса.\n— Ниж щвана 25 улкаялде. Щвана Мексикаялде, Исландиялде, Кубаялде, Турциялде ва цогидалги улкабазде. Социалиял гьиназда бачуна «Драгомир открывает мир» абураб гьумерги. Тӏоцере щвана Белоруссиялде, гьеб мехалда Драгомирица лъагӏелцин бан букӏинчӏо. Гьелдаса хадур щвана Дагъистаналде, Азербайжаналде, Грузиялде, Испаниялде, Крымалде, Казахстаналде. Кӏиабилеб нухалдаги бокьана Дагъистаналде щвезе. Унго, гьаниб бугебщинаб берцинлъи: сухъмахъалги, мугӏрулги, рохьалги, гӏалахалги, ралъадги… Цо моцӏниги гьаниб бачӏого гӏеларин ккола. Дагъистаналде унелъул, цо-цояз абулеб букӏана гьениб рагъ рагӏулин абун. Гьеб гьедин гьечӏолъи бихьана къаси сордоялъ Махӏачхъалаялда тирулагоги. Шагьаралда гӏемер руго ресторанал, кафеял, квенги буго гьуинаб, гӏемерго хира гьечӏеб. Ниж гьанир ругьунлъана магӏарулазул, тумазул, лъарагӏазул хинкӏал кваназеги. Чӏиркъатӏаса Хӏабицаги абуна цӏурачадалги хинкӏалги гьаризе малъилин, — ан бицана Наташаца.\nГьеб киналдасаго хадуб Павелица абуна жинда рагӏун букӏанин Дагъистаналъул росабалъ гӏадамаз хӏелкалцин речӏчӏулин абун. Амма цониги хӏелеко бечӏчӏулев чи жидеда вихьичӏила.\n— Хӏелказул иш лъаларо, амма дагъистаниял ратана кутакалда разиял, гьалбадерил къимат гьабулел, къварилъи ккаразе кумекалъе рахъине кидаго хӏадурал, — ан абун лъугӏизабуна Наташаца хабар.\nХӏелкал речӏчӏулареблъи бичӏчӏарал гьалбалги Чӏиркъатӏаго тун, нижги Махӏачхъалаялде тӏадруссана.\nПатӏимат Расулова"}
{"slug": "6005-g-unib-rajonal-90-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6005-g-unib-rajonal-90-son", "title": "Гъуниб районалъ – 90 сон", "date": "2019-10-14 07:51:12", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мугӏрузулаб Дагъистаналъул бакьулълъиялда, ралъдал гьумералдаса 1200-1400 метралъул борхалъуда буго Гъуниб район.\nГьелъул гӏатӏилъи буго 609,5 кв.км. Районалда буго 67 росу (кулабигун цадахъ), 18 росдал администрация. Гӏумру гьабулеб буго 25800 чияс.\nБищунго борхалъуда бугеб бакӏлъун рикӏкӏуна «Маяк» (2387 метр).\nТӏоцебе Гъуниб район гӏуцӏана, кантон хӏисабалда, 1928 соналда, ВЦИКалъул къотӏиялда рекъон, районлъун гьабуна 1929 соналъул лъабабилеб июналда.\nГъуниб районалъул гӏорхъода руго Хьаргаби, Лаваша, Лак, Чӏарада, Шамил ва Хунзахъ районал.\nРайоналъул центр ккола Гъуниб росу. Гьениса Махӏачхъалаялде буго 150 км. Районалъул нухазул халалъи бащалъула 447 километралда. Руго гьенир вертолетал чӏолел майданалги.\nРайоналъе кьучӏ лъуралдаса 90 сон тӏубаялда бан, 12 октябралда тӏобитӏизе бугеб байрамалъулаб программа:\n1) 09:00 — 09:30. Гьалбадерида дандчӏвай.\n2) 09:30 – 10:30. Районалъул машгьурал ва тарихиял бакӏазде экскурсия гьаби.\n3) 10:30 – 11:00. Тадбиралъул байбихьи. «Къункъраби» мемориалалда цере тӏугьдул лъей.\n4) 11:00 – 11:30. «Тарихияб ракӏалдещвей» парад тӏобитӏи.\n5) 11:30 – 12:00. Росабазул миллиял майданазде щвей.\n6) 12:00 – 13:00. Баркиялъулаб митинг.\n7) 13:00 – 13:30. Цӏалдохъабазул флешмоб ва палугьабазул церерахъин.\n8) 13:30 – 17:00. Концерт.\n9) 14:00 – 16:00. Гьалбал къабул гьари.\n10) 17:00 – 17:30. Гьалбал нухарегӏи. Байрамалъулаб фейерверк."}
{"slug": "6071-sibiral-ul-yazva-tiadbussana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6071-sibiral-ul-yazva-tiadbussana", "title": "Сибиралъул язва тӏадбуссана", "date": "2019-10-22 11:05:17", "categories": ["med"], "text": "Эпидемия тӏибитӏиялде данде хӏалтӏи гьабулеб буго\n14 октябралда больницаялда регизаруна сибиралъул язва унтиялда щаклъи бугел лъабгоял. Гьезда гьоркьоса кӏигоязул гьеб унти букӏин чӏезабуна, лъабабилесул хӏакъалъулъ жеги мухӏканлъи лъалеб гьечӏо. Унтарал ккола Цӏияб Лак районалъул Цӏияб Кули росулъа. Гьезде унти бахун буго жидецаго хьихьун букӏараб хъураб хӏайваналдаса. Микьабилеб октябралда оц хъолелъул, гьелъул хважаинги, гьесие кумек гьабулел рукӏарал кӏигоялги республикаялъул ЦГБялъул рахунел унтабазул отделениялде ккана. Республикаялда тохлъукьего баккараб унти тӏибитӏиларедухъ хӏажатал тадбирал тӏоритӏулел ругин бицана специалистаз ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда.\nДРялъул бетӏерасул\nбербалагьиялда гъоркь\nГьеб унтуде данде гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралей Раиса Шахсиновалъ ва ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тӏуралей Лариса Пантиналъ.\nРоспотребнадзоралъул бихьизабиялда рекъон, Сибиралъул язва унтиялдаса цӏуниялъе санитариял хӏалтӏаби гьарулел руго щивав чиясул азбаралда, хлоркагун билъараб гач речӏчӏизабулеб буго хӏайван хъураб ва гьелъул гьан букӏарал бакӏазде.\nУнтараб хӏайваналъул гьан гӏицӏго хважаинзабаз гуребги цогидал гӏадамазги хӏалтӏизабун бугин бицана данделъиялда. Хважаинас гьан бикьун буго мадугьалзабазда гьоркьобги, Каспийскалда гӏумру гьабун бугеб цо хъизамалъеги, гьединго Хасавюрталде бичизеги битӏун букӏун буго. Каспийскалда гьеб гьан хӏалтӏизабурал рос-лъадул кверазде тӏадерахъин бан бугин абулеб буго. Сибиралъул язва бахун букӏин лъазе ккани, микьгогӏаги къо хӏажалъулин, гьеб мехалда гурони гьеб мухӏканго лъазабун бажаруларин бицана Сахлъицӏуниялъул министерствоялда.\nДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, сибиралъул язва унти бахаразе гьабулеб буго хӏажатаб дару, гьезул гӏумруялъеги гьечӏо кинабгӏаги хӏинкъи.\nКин лъугьунеб сибиралъул язва?\nГьеб унти бахине бегьула хӏайваналдаса, гьелъул гьанада гӏадамас хъарсараб яги лъукъараб квер хъвани. Аслияб къагӏидаялда инсанасде гьеб унти бахуна чӏегӏербоцӏудаса, чуяздаса, болъоназдаса. Унти бахуна сибиралъул язва бугеб боцӏи хъолелъул, гьан батӏа гьабулелъул, унтараб хӏайваналъул гьан квани, тӏомол гьабураб къайиялдасагицин.\nСибиралъул язваялъул бактериял хӏинкъуларо цӏикӏкӏараб температураялдасацин, гьел гӏемерал соназ цӏунун хутӏула мегӏер-гӏалахалдаги боцӏи кваналеб бакӏалдаги.\n— Унти цӏунун хутӏизе рес буго ракьулъги, гьеб бахине рес буго лъедасанги гьаваялдасанги.\nХвезе рес бугищ?\nГӏадамаздаса цоцаде гьеб бахунаро. Сибиралъул язваялъ инсанасул чорхолъе ккун хадуб къватӏибе кьола гьеб баккараб бакӏ гьорозабулеб кутакаб загьру. Гӏадамасул тӏомода гьелъул гӏаламаталлъун ккола: гӏисинал ругънал (язва) лъугьин, лимфоузлаби гьорой, цӏа-кан бахин. Бакьазда гьеб унти лъугьунеб къагӏида релълъараб букӏуна кваница чехь-бакь биххизабиялда лагӏдеялда (отравление). Гьуърул унтулеб къагӏидаялъул сибиралъул язва — пневмониялде буссунеб квачалъул унтуда релълъараб букӏуна.\nСибиралъул язва унти сах гьабула антибиотиказдалъун. Гьелъ унтаразда гьоркьор 99 процент батула тӏомол унти, хутӏараб цо процент ккола гьуърузулаб ва бакьазулаб къагӏидаялъул унти. Сибиралъул язва унтудаса холезул къадар цо процент буго.\nРоспотребнадзоралъул\nмалъа-хъваял\nДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъ лъазабулеб буго, сибиралъул язва унти гӏадамазда гьоркьоб тӏибитӏиларедухъ кӏвар кьезе кколин инфекциялдаса цӏуниялъул гьал хадур рехсарал къагӏидабазде.\n— Ветеринариял документал гьечӏеб боцӏи босизе бегьуларо. Боцӏи цогидаб бакӏалде баччизе яги бачине бегьуларо республикаялъул ветеринарияб хъулухъалъулгун дандбан гурони.\n— Хьихьун бугеб кинабниги боцӏул хъвай-хъвагӏай гьабун букӏине ккола ветеринарияб пачалихъияб идараялда.\n— Боцӏул хважаинзабаз жидерго хӏайванал унтабаздаса цӏуниялъе ветеринариял тадбирал тӏоритӏизе ккола.\n— Ветеринараз халгьабун хадуб гурони боцӏи хъвезе бегьуларо.\n— Унтараб, хвезехъин бугеб боцӏи хъвеялъулъ яги гьеб ракьулъ букъиялъулъ гӏахьаллъизе бегьуларо.\n— Хӏайваналъул гьан яги цогидаб нигӏмат гьелъие рихьизарурал хасал бакӏаздаса гурони босизе бегьуларо. Бичун босулеб щибаб нигӏматалъул ветеринарияб документ букӏине ккола.\n— Хӏайван унтани ветеринарияб хъулухъалда лъазабизе ккола.\n— Сибиралъул язва унтиялъул гӏаламат тӏатарав чи тохтурасухъе гӏедегӏизе ккола.\n— Сибиралъул язва бахине рес бугел бакӏазда хӏалтӏулел гӏадамазе, ай зооветеринариял хӏалтӏухъабазе, ветеринариял тохтурзабазе, боцӏи хъвеялъулъ, гьелъул гьангун яги тӏомгун хӏалтӏи гьабулел гӏадамазе, унтараб хӏайваналъул материалалъул халгьабулел лабораториязул хӏалтӏухъабазе сибиралъул язваялдаса цӏуниялъе иммунизация гьабизе ккола.\n— Сибиралъул язва унтиялъул хӏакъалъулъ суалал ругев чияс ахӏизе бегьула Дагъистаналъул Роспотребнадзоралъул телефоналъул гьаб номералде: (8722) 69-19-52.\nХӏадур гьабуна\nПатӏимат Султӏанмухӏамадовалъ."}
{"slug": "6072-tarikhal-bechedab-borkhatab-g-unib", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6072-tarikhal-bechedab-borkhatab-g-unib", "title": "Тарихалъ бечедаб борхатаб Гъуниб", "date": "2019-10-22 11:07:31", "categories": ["obshestvo"], "text": "12 октябралда кӏодо гьабуна Гъуниб район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай\nЖакъасеб Гъуниб районалъул ракьалда, 1741 соналда бекана бащдаб дунял квегъарав Надир-шагьасул бодул хӏуби. Гьаниб бана имам Шамилица жиндирго ахирисеб сангар, 1859 соналда ахир лъуна 25 соналъ халатбахъараб Кавказалъулаб рагъуе. Гьанив гӏуна Дагъистаналъул ункъабилев имам Мухӏамадхӏажи, гьанив гьавуна Северияб Кавказалъул амир Узунхӏажи.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъде ана 3480 гӏолохъанчи, гьезда гьоркьоса ункъояв (Мухӏамад Хӏажиев, Мухӏамад Хӏамзатов, Сагӏаду Мусаев, Сагӏаду Гӏалиев) мустахӏикълъана «Совет Союзалъул Бахӏарчи» абураб цӏаралъе. Ракълилаб заманалда ункъоязе (Гӏабдурашид Мухӏамадов, Булат Гӏалиев, Камил Мухӏамадов, Аминат Гӏисалова) щвана «Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи» абураб цӏар. Ункъояв (Мухӏамад ва Тӏайгиб Тӏолбоевал, Загьид Загьидов, Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров) мустахӏикълъана «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏаралъе. Гьаниса рахъана Дагъистаналъе нухмалъи гьабурал Гӏабдурахӏман Даниялов ва Мухӏамад Юсупов. Гьенисан рагьана Халилбег Мусаясуласе дунял. Гьаниб щулалъана Мухӏамад Хуршиловасул, Хӏажи Заловасул, Гӏабдулмажид Хачаловасул, Ахӏмад Цӏурмиловасул, Шамхал Шамхаловасул гьунар. Гьанив лъадарана къуркьи лъаларев гугарухъан Гӏали Гӏалиев. Гьаб мухъалъул тӏабигӏаталъул гьайбатлъи къалмикье босана дунялалдаго машгьурал шагӏирзабаз, поэтаз, художниказ.\nГьеб кинабгоги ва гӏемераб цогидабги гьоркьобе бачуна Гъуниб районалъ. Гьеб гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай кӏодо гьабизелъун тӏобитӏараб тадбиралъ, 12 октябралда, Гъунире ахӏана гьаниб гӏумру гьабулел ва цоги регионазда ругел районцоял, республикаялъул идарабазул нухмалъулел, гӏемерал гьалбал. Гьеб къоялда райцентралъул гӏатӏидаб майданалда гӏахьалчагӏазул гӏемерлъиялъ эркенаб бакӏ букӏинчӏин абуни, мекъиги ккеларо. Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана районалъе нухмалъи гьабурал Гӏабдулагь Шапиев, Пахрудин Мухӏамадов, Ахӏмад Мухӏамадов ва цогидалги.\nМайдан бакьулъ хӏадур гьабун букӏана сцена, гор гьабун гьелда сверухъ гӏуцӏун рукӏана щибаб росдал рукӏа-рахъиналъул бицунел, миллияб квен-тӏехалдалъун хьезарурал майданал-павильонал. Байрам байбихьана рагъул гӏахьалчагӏазе бараб «Хъахӏал къункъраби» памятникалда цере тӏугьдул лъеялдасан. Хадуб, миллияб ретӏел-хьитги ретӏун, кодор игӏланалги ккун, майданалда свери гьабуна щибаб росдал вакилзабаз, чотӏахъабазул къокъаялъ, церегосел машинабазда рекӏарал хӏалтӏул ветераназ – церехъабаз, рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏаз.\nГьебго заманалда майданалда рукӏана палугьабазул церерахъиналги. Цинги байбихьана юбилеялъул официалияб бутӏа.\nКӏалъайгун цеве вахъарав районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировас къокъго бицана районалъул тарихалъулги гьелъул жакъасеб гӏумруялъулги хӏакъалъулъ, рехсана гьелъул чӏухӏилъун ругел гӏадамалги. Гьес киназдаго баркана жакъасеб юбилей ва баркала кьуна гӏахьалчагӏазе, районцоязе, гьалбадерие.\nЦинги рагӏи босарав республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб зонаялда вугев вакил Мухӏамад Камиловас баркана гъунисезда юбилей ва цӏалана республикаялъул бетӏерасул баркиялъулаб адрес. Хадуб гьес ва республикаялъул цогидалги идарабазул вакилзабаз хӏалтӏул церехъабазе кьуна сайгъатал, хӏурматиял цӏарал.\nГьелдаса хадуб байбихьана юбилеялъул творчествоялъулаб бутӏа. Гьелъие ва цоги гьанир тӏоритӏулел рукӏарал тадбиразе бицине гӏураб къварилъи гьабичӏо къойилго цин бан, цин чӏун букӏараб, ахиралде тӏубанго биччантараб цӏадалъцин.\nЦо-цо гьалбадерилгун хабар-кӏал гьабичӏого дунгоги ворчӏичӏо. Масала, Цӏунтӏа районалъул бетӏер Шамил Мухӏамадовас гьадин бицана:\n«Гьаб районалда дир руго гӏемерал гьудул-гьалмагъзаби, цевеги дун чанго нухалда щунги вукӏана гьаниве, жакъаги вачӏана кӏудияб гъирагун. Юбилей гӏуцӏун буго берцинаб хӏалалда, гӏемерал гьалбалги ахӏун, дие цӏакъго рекӏее гӏуна кинабго. Дица гьарула цӏакъго дие гӏагараб гьаб районалъе социалиябгун экономикияб цебетӏей, икъбал, ракълилаб гӏумру. Тӏегьайги нилъер Дагъистан ва кӏудияб Россия. «Хӏакъикъат» буго лъикӏаб, Цӏунтӏа районалдаги цӏалулеб газета. Нижецаги яхӏ бахъила хадубккунги гьеб жеги цӏикӏкӏинабиялда тӏад хӏалтӏизе».\nМухӏамад Хӏасанов, Шамил районалъул бетӏер: «Шамил ва Гъуниб руго кидаго лъикӏаб гьоркьоблъи, гӏагарлъи-жубай рукӏарал ва ругел районал. Гъуниб буго гӏемерал гӏалимзабиги бахӏарзалги рахъараб, Дагъистаналда ва тӏолабго Россиялда цӏар рагӏараб район. Гьаб ккана лъикӏаб тадбир, дун разилъана. Азарабго баркала районалъул жамагӏаталъе, щулияб жамагӏат гьечӏони, лъугьунаро гьадинаб иш».\nМануэль Казарян, Калуга шагьар, Россиялъул халкъияв артист, профессионалияв фокусник: «Дун гьанив вукӏана 2005 ва 2009 соназда, хъизангун цадахъ щвана гьанжеги. Гӏадада гуро гьалда «Тӏабигӏияб музейин» абулеб, рагӏабаздалъун загьир гьабизе кӏоларо гьалъул гьайбатлъи. Гӏадада гуро кӏудияв Шамилица гьаниб бараб жиндирго ахирисеб хъала. Дун Калугаялдаса вугелъул, дида гӏезегӏан лъикӏ лъала гьесул гӏумруги бахӏарчилъиги, доба гьесул букӏараб ва гьабсагӏаталдаги бугеб къадруги. Гьаниве вачӏиналдасаги, жакъа гьаб байрамалда гӏахьаллъизе щвеялдасаги кутакалда разилъана».\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "6073-giarada-rechichiize-khiadurgo-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6073-giarada-rechichiize-khiadurgo-rugo", "title": "Гӏарада речӏчӏизе хӏадурго руго", "date": "2019-10-22 11:16:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рахьдал мацӏал ва культура цӏуниялъулъ миллияб прессаялъул кӏвар\nТӏадеялдаса тӏаде хӏалуцунеб буго Дагъистаналда рахьдал мацӏал школазда малъиялъулги, гьел цӏунизе ккеялъулги, щибаб миллаталъул вакиласда жиндирго мацӏ лъазе тӏадаб букӏиналъулги хӏакъалъулъ бицунеб масъала. Цо рахъалъ босани, гӏажаиблъи гьабизе ккараб хӏужа гьечӏищ миллаталги мацӏалги гӏемерлъиялъ берцин гьабураб Дагъистаналда гьединаб суал баккиго. Гьеб суал бижизего кколароан нилъер гьаниб. Амма гӏемерисез пикру гьабулеб гьечӏо мацӏалдаго цадахъ лъугӏизехъин бугеб миллиял гӏадатазулги, маданияталъулги, хьвада-чӏвадиялъулги. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъги, гьелде тӏадеги, миллиял газетазгун журналаз мацӏал цӏуниялъулъ лъолеб бугеб бутӏаялъулги бицине данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталде. Гьенир гӏахьаллъана республикаялъул миллиял газеталгун журналазул мухбирзабиги, гӏалимзабиги, студенталги, Лъайкьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабиги, миллиял театразул вакилзабиги.\nДагъистаналъул Журналистазул союз гӏуцӏаралдаса 60 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб тадбир нухда бачана ДГУялъул ректор Муртазагӏали Рабадановас.\n— Жакъа Дагъистаналда кӏудияб кӏвар буго миллиял газетазул ва журналазул. Гьезул гьурмаздасан нилъеца цӏалула миллаталъул тарихалъулги, бахӏарчиялгун гӏадатиял гӏадамазулги, гӏадатал-гӏамалазулги ва цогидалъулги хӏакъалъулъ. Миллияб мацӏалъул адаб гьабизе бачӏунеб гӏел ругьун гьабичӏони, талихӏаб букӏинеселде хьул лъезе рес гьечӏо Дагъистаналъулги, — илан абуна гьес баркиялъулаб кӏалъаялда.\nДандеруссиналда аслияб кӏалъай гьабуна Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас.\n— Бицунебго бицунеб хутӏун руго нилъ мацӏал цӏунизе ккеялъул. Гьабулеб хӏалтӏул хӏасил ккезе ккани, гьелъие пачалихъалъул рахъалдасанги къваригӏуна кумек. Гьелде регӏун гьелги гьечӏони, кин лъалеб нилъеда нилъерго тарихги, адабиятгун маданиятги, бахӏарчилъиги ва цогидабги. Гьеб киналъего квербакъи гьабулеб буго жакъа миллияб прессаялъ. Хасго мацӏ цӏунун хутӏиялъе. Гьаб заманалда гьенисан рагӏула нилъеда бацӏцӏадаб рахьдал мацӏалъул гьаракь. Къваригӏун буго киназдаго бичӏчӏизе гьаб захӏматаб заманалда миллиял газетазул мацӏал цӏуниялъулъ бугеб кӏудияб кӏвар. Гӏумру цебетӏунагӏан, мацӏал тӏагӏиналъе бугеб хӏинкъиги цӏикӏкӏунеб буго. Гьелъул хӏасилалда гӏолохъанал дагъистаниял рикӏкӏалъулел руго, тӏоцебесеб иргаялда, мацӏалдаса, цинги – гӏамалал-гӏадатаздаса ва, ахиралда, миллаталдаса. Миллатго гьечӏеб гӏелалъ щиб кьезе бугеб Дагъистаналъе? Битӏараб буго, мацӏал гӏемер руго Дагъистаналда. Гьелъулъ буго нилъер хаслъиги. Гьелъ дагьалги ресал кьезе ккола чанго мацӏ лъазабиялъеги. Цояб мацӏалъ кинаб бугониги квалквал гьабуларо цогидаб мацӏ лъазабиялъе. Дагъистаналъул миллатазул руго релълъарал культураги гӏадаталгун гӏамалалги. Жакъасеб Дагъистаналда гьабсагӏаталда гьеб цӏунун хутӏунги буго. Амма мацӏ лъалеб гӏел лъугӏани, лъица гьеб цӏунизе бугеб? Гьеле гьелде кьезе ккола нилъеца киназго жакъа кӏудияб кӏвар. Гьеб мурадалда цӏикӏкӏинаризе ккола миллиял мацӏазда къватӏире риччалел тӏахьазул къадар. Гьединго цӏикӏкӏине ккола миллиял газеталгун журналал цӏалулезул къадарги. Гьел газетаздасан гьоркьоса къотӏичӏого бицунебги буго, бицинеги ккола миллаталъул гӏузрабазулги, бергьенлъабазулги, рорхизе ккола чара гьечӏого миллат цебетӏеялъе ва мацӏал цӏуниялъе къваригӏарал суалалги. Гьелъулъ цӏакъ цӏикӏкӏараб кӏвар буго районазул газетазулги. Гьезул букӏуна росабазул гӏадамазулгун щулияб бухьенги, гьениб жеги чӏаго букӏуна мацӏги, маданиятги, адабиятги. Районалъул газетазеги жакъа захӏмат буго, гьедин букӏинеги буго пачалихъалъул рахъалдасан кумек гьечӏони. Заманалдасан гьел тӏагӏинеги рес буго. Гьел тӏагӏиналдаго цадахъ лъугӏизе буго гӏадамазулгун бугеб бухьенги. Пикру гьабураб мехалда, гьеб иш тӏаде кколезе цо бицинегӏан кӏудияб ургъелги гьечӏо гьелъул. Мацӏал цӏунун хутӏиялъе кӏвар буго миллиял мацӏазда кьолел телепередачабазулги. Амма гьезие бихьизабураб заманги цӏакъго дагьаб буго. Гьенибги бачӏунеб буго добго гӏарцул суал. Дагъистаналъул киналго миллатазул вакилзабазда цебечӏараб масъала буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб – хадусел наслабазе мацӏги миллатги цӏуни, — ян абуна гьес жиндирго кӏалъаялда.\n(Хадусеб 4-абилеб\nгьумералда)"}
{"slug": "6104-maku-giechioni-giuzrabi-kamularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6104-maku-giechioni-giuzrabi-kamularo", "title": "Макьу гӏечӏони, гӏузраби камуларо", "date": "2019-10-29 06:59:53", "categories": ["med"], "text": "XХӀ гӏасру – цӏиял ресал, цӏиял захӏмалъаби\nГӏалимзабаз, цебегоялдаса нахъе, гьоркьохъеб ригьалъул гӏадамал микьго сагӏаталъ кьижи лъикӏаблъун рикӏкӏуна. Инсанасул сахлъиялъе кӏвар бугеб жолъун ккола гӏураб къадаралда кьижи. Макьу тӏури сах гьабулев тохтур ккола сомнолог. Макьу щунгутӏи гьеб унти гурин, батӏи-батӏиял унтаби сабаблъун лъугьунеб гӏаламат бугин рикӏкӏуна специалистаз. Ахираб нусго соналда искусственнияб канлъи, гьединго компьютерал ва гаджетал раккаралдаса нахъе гӏадамал кьижулеб гьоркьохъеб заман гӏемерисезул микьго сагӏаталдаса анлъго сагӏаталде щвезегӏан къокълъана. Гьеб ккола соматикиял ва психикиял унтаби цӏикӏкӏиналъе гӏилла, гьелъ хвезабула макьил гормонлъун рикӏкӏунеб мелатонин лъугьиналъул къагӏида.\nТохтурасухъе ине кколеб заман\nМакьу щунгутӏи букӏине бегьула чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул гуребги, лъималазулги гӏолилазулги. Макьу щунгутӏиялъ батӏи-батӏиял унтабиги рагъаризаризе бегьула. Макьу тӏури буго кӏиго батӏияб хасияталъул: лъабго моцӏидаса рукӏалиде кколеб (острая инсомния) ва чанго соназгицин халатбахъунеб. Острая инсомния тӏагӏуна ракӏ хӏалуцин ва ракӏбакъваялъе гӏилла лъугӏараб мехалда.\nГӏемерисеб мехалда инсанасул макьу хвезабула гьесул ботӏролъ рикӏардулел батӏи-батӏиял суалаз, гӏумруялъул захӏмалъабаз.\nГӏемер дандчӏвала макьил дараби гьекъанигицин кьижизе кӏолареб психофизиологияб инсомния (макьу тӏури). Тохтурзабазул баяназда рекъон, 6-7 процент гӏадамал рукӏуна макьу щоларого.\nЛъабго моцӏалдаса цӏикӏкӏун заманалъ макьу тӏурулеб бугони (бессоница), тохтурасухъе ине кколин рикӏкӏуна сомнологаз. Гьеб лъабго моцӏ букӏине бегьула инсанасул черх стрессгун къеркьолеб заман. Лъабго моцӏ ун хадубги макьил иш рукӏалиде ккечӏони, гьелъул магӏна ккола гьев чиясда дандчӏвараб захӏмалъигун къеркьон бажарулеб гьечӏин абураб, макьу гӏечӏолъиялъ нервабазул системаялда рухьарал батӏи-батӏиял унтаби лъугьине рес буго, масала, лъугьине бегьула гастрит, язва, гипертония, бронхиальная астма.\nСомнологазул малъа-хъваял\nМакьил дараби гьекъезе бегьула гӏицӏго стрессалдалъун макьу тӏурараб заманалда. Халатбахъараб макьу тӏуриялъе гьединал дарабаз кинабгӏаги асар гьабуларо. Сомнологаз лъикӏаблъун бихьизабула халатбахъун макьу щоларев чи макьу щвезегӏан бусалъ вегун чӏечӏого тӏадеги вахъун бокьараб хӏалтӏи гьабизе. Гьелъ кумек гьабила макьу рекӏине. Цо-цо мехалда тохтурзабаз антидепрессантал гьекъезарула макьу щоларезда, макьил дарабазде гӏадин гьезде ругьунлъуларо. Амма бичӏчӏизе ккола нервабазул иш лъикӏ гьечӏони, макьу тӏуриги рукӏалиде ккезабун бажарулареблъи. Макьу рукӏалиде бачӏинабизе ккани, лъабго моцӏгӏаги хӏажалъула.\nГӏемерисезул бищунго кӏудияб гъалатӏлъун рикӏкӏуна, макьу щоларого рукӏаниги, кьижизе хӏаракат бахъи. Тохтурзаби-сомнологаз жиб кквезеян лъугьани боржун унеб, хъатиниб чӏараб хӏинкъараб хӏинчӏалда релълъинабула макьу. Лъикӏал пикрабигун регани, бигьаго кьижунги ккола.\nГӏелмиял хӏалтӏабаз бихьизабула щибаб къоялъ 9-10 сагӏаталъ кьижулезулги 5-6 сагӏаталъ гурони кьижуларезулги гӏемерисеб мехалда цого унтаби лъугьунел рукӏин. Амма щибаб къоялда, гӏураб къадаралда ва цого заманалда кьижулев чиясул гьединал унтаби лъугьунарин рикӏкӏунеб буго гӏалимзабаз. Цӏикӏкӏун кьижула унтуца сваказабураб чорхоца макьу тӏалаб гьабулев чи, гьединал унтабазул хӏасиллъун ккезе бегьула инфаркт, инсульт ва тохлъукьего хвел. Анлъго сагӏаталдаса дагьаб заманалъ кьижулел гӏадамазул лъабго проценталъул гурони лъикӏаб сахлъи букӏунаро.\nМакьилъ хӏухьел къотӏи\nКиналниги гӏадамазда гьоркьоб лъабго проценталъул апноэ синдром дандчӏвала, гьеб ккола макьилъ хӏухьел къотӏи. Гьелъ макьуги хвезабула, гӏорцӏизегӏан кьижизеги щоларо. Макьилъ хӏухьел къотӏи (апноэ) захӏматаб буго макьу щунгутӏиялдаса. Апноэ бугев чиясул макьилъ давление бахуна, ракӏ хехго кьабула. Кьижун хӏухьбахъизе кколеб бакӏалда гьединазул рекӏеде цӏикӏкӏараб хӏал щолеб буго. Хӏухьел къотӏунщинахъе рорчӏула ва хӏухьбахъиялъул бакӏалда свакала. Гьединазул гипертония, ракӏалда жо чӏунгутӏи ва цогидалги унтаби раккула.\nАпноэ бугев чи макьилъ хъванкӏола. Аслияб къагӏидаялъ макьилъ хӏухьел къотӏула ва хъванкӏола кьариял гӏадамал. Щокърода лъугьараб кьаралъиялъ хӏухьел жанисан хьвадулел нухал къварилъиялъ кколеб жолъун рикӏкӏуна апноэ. Гьединлъидал апноэ сах гьабиялъул бищунго лъикӏаб ва хӏасил кьолеб къагӏида ккола хӏалакълъи. 10 проценталъ хӏалакълъиялъ, хӏухьел цӏай кӏицӏул лъикӏлъула.\nМакьил тартиб цӏуни\nБатӏи-батӏиял унтабиги лъугьинаредухъ, тохтурзабазул кумекалде черхги ккеларедухъ макьил тартиб цӏуниялъе чанго лъикӏаб къагӏида бихьизабун буго специалистаз:\n1. Микьго сагӏаталдаса дагьго яги цӏикӏкӏун кьижунгутӏи. Гьедигӏанасеб заман хӏажалъула чорхол берцинлъиги, гӏолохъанлъиги, физиологияб ва психологияб сахлъиги цӏунизе ккани. Гӏодоркъояз гӏорцӏизегӏан кьижилин абун хӏалтӏул къоялъ макьу къокъгьабизеги бегьуларо.\n2. Хӏажатаб заманалда рорчӏи.\nГӏалимзабаз батӏабахъула хӏинцаб ва хехаб макьу. Сордо рогьинегӏан цин хӏинцаб, хадуб хехаб къагӏидаялъул макьу бихьула инсанасда. Гӏалимзабазул пикруялда рекъон, макьил цо-цо бутӏа кьижун ккаралдаса нахъе сагӏатгун бащдалъ халатбахъуна, гьеб байбихьула хӏинцаб макьидаса, ва хехаб макьидалъун лъугӏула. Гӏалимзабаз чӏезабун буго хӏинцаб макьил заманаялда макьидаса рорчӏани, тӏубараб къоялъго свакан ва макьу щварал кинигин хутӏулин. Хехаб макьил заманалда, ай макьил цо бутӏа (1,5 сагӏат) лъугӏулеб заманаялъ рорчӏани, захӏмалъи букӏунаро, дагьго кьижанигицин. Гьединлъидал радал макьидаса рорчӏизеян цӏумур лъолаго, хӏисаб гьабизе ккола хехаб макьил заманаялъ рорчӏиледухъ. Масала, къаси сагӏат 12 тӏубалелдехун кьижун ккани, макьил тӏоцебесеб бутӏа лъугӏула сагӏат 1:30, кӏиабилеб сагӏат лъабгоялда, хадусеб сагӏат 4:30, гьедин рогьинегӏан. Гьелда рекъон, къаси сагӏат 12 кьижулев чияс радал вахъинелъун цӏумур лъезе кколеб буго сагӏат 7:30 яги 9:00 тӏубараб мехалда.\n3. Кьижилелде анлъго сагӏат цебеккун лъугӏизе ккола спортивиял тренировкаби. Черхалде хӏал щвеялъ нервабазул система багъаризабула ва кьижун хӏухьбахъизе захӏмалъула.\n4. Къаси мехалъ битӏун кванай. Къаси мехалъ кваназе лъикӏаблъун бихьизабула углеводал гъорлъ ругеб квен. Кигӏан нилъ хӏикмалъаниги, гьеб ккола гьуинал булкаби, тортикал, карщал. Гьеб рикӏкӏуна макьу щвеялъе бищун лъикӏаб квенлъун, амма къаси мех бугелъул, дагьго кваназе ккола.\n5. Телевизоралдаса инкар гьабун, кьижилалде цере тӏахьал цӏали.\n6. Хурдул гьарураб хӏамам. Къаси квандаса хадуб сагӏат арабго 37-38 градусалъул хинаб ва гӏодориччазарулел хурдузул ваннаялъур регизе лъикӏаб буго. Календулаялъул, сагӏаналъул (мелисса), душицаялъул 50 граммалъул гьабураб тӏокӏкӏел гъорлъ жубараб ванная-лъур 20 минуталъ регила.\n7. Хурдул жанир лъураб къандалъо. Махӏквеш, багӏачал, накӏкӏигъотӏол гьитӏинаб гӏаркьел, рохьил цӏулакьо жаниб лъураб гьитӏинаб къандалъо бусада аскӏоб лъуни, макьу гӏодобе биччараб букӏина.\n8. Гъараналъул чай. Цо кӏудияб гъуд цӏураб гӏисин гьабураб гъараналде тӏаде тӏела стакан цӏураб бухӏараб лъим, кӏиго сагӏаталдасан гьекъезе бегьула.\n9. Валерианалъул тӏокӏкӏел гьекъей.\n10. Бусен битӏун лъей.\n11. Хӏалуцунгутӏи.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "6105-bishchun-zakhimatab-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6105-bishchun-zakhimatab-balag", "title": "Бищун захӏматаб балагь", "date": "2019-10-29 07:07:49", "categories": ["med"], "text": "Гъира букӏун гӏолеб гьечӏо, сурсатги къваригӏунеб буго\n«Наркотикал гьечӏеб Россия» проекталъул автораз гьабураб цӏех-рехалда рекъон, Hydra абураб даркнеталда щибаб къойил наркотикал ричула 13 600 чиясе. Даркнетин абула, хъвай-хъвагӏай гьабулаго, хӏакъикъияб цӏарги цогидал баяналги цӏехечӏого, балъгояб дарам гьабизе кумек гьабулеб сайталда. Наркотикал ричулезул даркнеталда жанире раккулезул къадар бахуна 800 азарго чиясде. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ рахӏатхвезабураб РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул комитеталъ 15 октябралда тӏобитӏана хасаб данделъи. Рехсараб комитеталъул председателасул заместитель Борис Чернышевасул пикруялда рекъон, наркотикал хӏалтӏизари ккола «жакъасеб Россия-лъул бищунго кӏудияб балагь».\nЩиб хӏал бугеб Дагъистаналда?\nРеспубликаялъул наркотиказде данде къеркьолеб комиссиялъги тӏоритӏула данделъаби. Гьениб бицуна чан чиясул хъвай-хъвагӏай гьабун бугебали, кинал тадбирал къуваталъул идарабаз гӏуцӏулелали. Гъоркьиса риидал Сепараторазул поселокалда бахъун букӏана ахӏи-хӏур. Полициялъул хӏалтӏухъабаз гьенир ккуна, гӏемераб заманалъ хадуб халги ккун, гӏолилайгун гӏолилав. Гьел рачӏун рукӏана пуланав чияс интернеталдасан бичун босараб наркотик гьесда батулеб бакӏалда бахчизе. Тӏадго ккурал гьел хӏалица нахъе рачана полициялъул хӏалтӏухъабаз – гьенир гӏумру гьабун ругез чӏвазехъин рукӏана гьел, жидер лъималазе наркотиказдаса букӏине бугеб хӏинкъиги хӏисабалде босун.\nРеспубликаялда гьеб хӏал лъикӏаб рахъалдехун хисулеб гьечӏеблъи загьир гьабуна Дербент шагьаралъул бетӏерай нарколог Пасихӏат Гӏабдусаламовалъ. Дагьалъ цебе гьелъ гьениб рагьана наркотикал ва инсанасул гӏакълу биххизабулел цогидал жал хӏалтӏизарулел рукӏарал гӏадамал сахлъизарулеб отделение. «Нижер гьаниб буго анкьго чиясе бакӏ. Гьел рачӏуна радал, гьезие гьарула дараби ва къаденахъе гьел рокъоре тӏадруссуна. Жиндир цӏар загьир гьабизе бокьуларелги рачӏуна нижехъе, кумек гьарун. Гьединал хӏисабалде росуларо. Наркотикал хӏалтӏизарулел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏунеб буго. 2018 соналда наркотикал хӏалтӏизарулел рукӏана 3688 чияс, вукӏана 7340 гьекъолду-хъан ва 420 токсикоман. Дербенталда вуго хӏисабалде восарав 885 чи (2018 соналда вукӏана 875 чи). Гьезда гьоркьоса 276 ккола наркоман, 191 – гьекъолдухъан ва хутӏарал – токсикоманал (клей, лажбар ва цогидал жалазул махӏ сунтӏулел ва гьелдаса кеп щолел гӏадамал – ред.)», — ан бицана гьелъ.\nГьеб буго гӏицӏго официалияб статистика, ай наркодиспансеразда сияхӏалде росарал унтаразул къадар. Официалияб гуреб статистика, лъалеб букӏахъе, кидаго букӏуна батӏияб. Гьелде тӏадеги, руго жиндир цӏар рехсечӏого сахгьаризе хьвадулел гӏадамалги. Гьелги унаро официалияб статистикаялде гьоркьоре.\nПасихӏатица рагьараб отделениялда гьабсагӏаталда гьечӏо киналгӏаги шартӏал. Буго гьениб цо палатаги, чвердолеб рукъги. Жеги хӏажат буго богорукъ гӏадинаб бакӏ: унтарал тӏубараб къоялъ рукӏунелъул гьенир, дагьа-макъабниги жо кваназе ккеларищха гьез. «Дербент шагьаралъул районазда гьоркьосеб больницая-лъул нухмалъулес нижее ихтияр кьуна цебеккун лъимал гьарулеб отделение букӏараб бакӏалда наркоманал сахгьарулеб отделение рагьизе. Амма больницаялъул рес гьечӏо отделение хӏажатаб къайиялдалъун хьезабиялъе. Нижехъа бажарараб куцалда къачӏана гьеб. Жеги хисизе ккола чӏабар, росизе ккола шкафал, кроватал ва цогидаб къайи. Унтарал радал рачӏуна нижехъе, дару-сабаб гьабун хадуб хӏухьбахъула ва рокъо-ре уна. Официалияб къагӏидаялда цӏарги хъван гьабулеб бугони, гьезие дару гьабула чӏобого, ай дараби кьола больницаялъ. Цӏар рехсечӏого дару гьабизе бокьаразухъа босула 2500 гъурущ – сахгьавиялъул цо курсалъухъ цадахъго», — ян бицана Пасихӏатица.\nДербент буго пачалихъияб гӏорхъоде гӏагарлъухъ бугеб шагьар. Гьединлъидал наркоманалги гьенир гӏезегӏан руго. Махӏачхъалаялъул наркодиспансералда ругел унтаразда гьоркьорги бищун гӏемер руго дербенталъулал.\nХӏажат руго пачалихъиял централ\nДагьалъ цебе ДРялъул хӏукуматалъ тӏобитӏараб данделъиялда бицунеб букӏана республикаялда рагьун ругин наркоманиялдасаги, токсикоманиялдасаги, гьекъолдиялдасаги сахгьарулел централин абун. Амма гьел руго жалго бетӏергьанаб предприятие хӏисабалда рагьарал. Гьединал центразде унтарал ритӏеян ва гьединал централ рагьиялъул хӏакъалъулъ гӏадамазда лъазабизе хӏажат бугинги бицана данделъиялда. Амма бугищ гьелъие рес наркоманал хьихьулел хъизамазул? Гьеб буго захӏматаб масъала. Гьединаб централда сахгьариялъул цо курсалъухъ кьезе ккола 15000-17000 гъурущ. Нагагь цӏар рехсечӏого сахлъизаризе бокьани, тӏадеги кьезе ккола жеги 5000-6000 гъурущ. Экспертазул баяназда рекъон, наркоманиялдаса сахлъизе ккани, унтарасе щвезе ккола бищунго дагьаб лъабго курс. Гьединлъидал унтарасе хӏажалъула 40 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гъурущ.\nРоссиялъул аслиял шагьаразда рагьарал наркоманиялдаса сахлъизарулел центразда хӏалтӏизабула динги. Руго килисабазда рагьарал хасал централги. Гьенир ругел унтаразе бицуна диналъул бербалагьиялъул хӏакъалъулъ, унтарасулгун накъитал гьариялдалъун гьев куцала наркотиказдаса эркенаб гӏумру гьабизе. Гьединаб центр рагьизе ракӏалде ккун буго Дагъистаналъул Динияб идараялдаги. Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана П. Гӏабдусаламовалъ: «Динияб идараялъул гьеб лъикӏаб пикру буго, амма гьеб буго гӏицӏго анищлъун хутӏизесеб мурад. Рачӏун рукӏана гьел дихъе. Гьезда цадахъ дун ана Гъазданущиеги – гьениб пуланаб мина балагьун буго центр рагьизе. Лъица хьихьизе бугеб центрилан гьикъана дица ДУМДалъул\nвакилзабазда. Гьез жаваб кьуна бусурбабазин абун. Амма гьелъул\nжо кколаро. Наркоманиялдаса сахгьариялъе къваригӏуна гӏемераб гӏарац. Сурсат гьечӏони, иш байбихьудасаго лъикӏ ине гьечӏо: жакъа букӏина гӏарац, метер букӏин щакаб буго. Даруйин абуни, щибаб къоялъ гьабизе ккола ва гьелги учузал гьечӏо. Дица гьезда абуна, сахлъизе рачӏарал хӏалтӏулеб производство рагьани, мурад тӏубазе бегьулин абун. Амма гье-лъиеги квекӏенал гӏемер рукӏунеблъи бичӏчӏизабуна гьез дида», — ян.\nМадихӏат Хӏажиева"}
{"slug": "6106-don-khuanil-rakialdeshchveyazul-lezginal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6106-don-khuanil-rakialdeshchveyazul-lezginal", "title": "Дон Хуанил ракӏалдещвеязулъ «лезгинал»", "date": "2019-10-29 07:13:15", "categories": ["rel"], "text": "Гӏажаибаб къисматалъул Испаниялъул офицерас щиб гьабулеб букӏараб Кавказалда?\n«Кавказалъул гӏемерисел халкъалго гӏадин, лезгинал, гьитӏинаб къоялдасаго нахъе, ккола гьунар тӏокӏал кьвагьдохъаби». Гьедин абуна Кавказалъул халкъазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ лъай бугев Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосица (1788-1864). (Нилъеда лъала, гӏурусазги къватӏисел улкабазул вакилзабазги «лезгиналин» абулаан Дагъистаналъул тӏолалго мугӏрузул халкъазда. – Ред.).\nХуан Ван Галенил умумул ккола Бельгиялдаса. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана Испаниялъул армиялда. Рехсараб улкаялъул къирал Фердинанд VII-лесде данде гӏуцӏараб ишалда гъорлъ гӏахьаллъиялде щаклъиги ккун, Ван Гален тӏамун вуго туснахъалде. Гьениса 1818 соналда гьев лъутула Россиялде. Эмиграциялъе Россия тӏасабищиялъе гӏиллалъун ккун батизе буго «испаниязул пикруялда рекъон, Россия букӏана Испаниялъулгун киданиги дандеккунгутӏиял ккечӏеб ва гьалбадерил хӏурмат гьабиялъул рахъалъ лъикӏаб пачалихъ». Хадусеб соналда, жиндир ракьцояв Нухазул бухьеналъул управлениялъул нухмалъулевлъун вукӏарав генерал А. Бетанкурил квербакъиялдалъун, Ван Гален лъугьуна Нижний Новгородалъул 44-абилеб драгуназул полкалда майорасул чиналда хъулухъ гьабизе. Полкалъ хъулухъ гьабулеб букӏана Кавказалда. Гьелдаса нахъе Кавказалда хъулухъалда вукӏуна гьев ва гьениб араб жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ гьес бицуна 1830 соналда Лондоналда къватӏибе бахъараб «Хъвай-хъвагӏаял» абураб тӏехьалда.\nГьес тӏехьалда загьир гьабула ХӀX гӏасруялъул авалалда Кавказалда букӏараб рагъулабгун политикияб ахӏвал-хӏалалъулги Россиялъул стратегиял мурадазулги хӏакъалъулъ хасаб пикру. Кавказалъул рагъулъ Россиялъул самодержавие ритӏухъаб букӏиналде кинабгӏаги щаклъиги гьечӏо гьесул.\nГьесул пикруялда рекъон, империялъ бачӏуна мугӏрузул халкъазе цебетӏейгун цивилизация. Гьес тӏехьалда бицунеб гьечӏо гьеб цивилизациялъул мурадалда хӏалтӏизарулел рукӏарал вахӏшиял къагӏидабазул хӏакъалъулъ, щайгурелъул Европаялъул цӏалдолес Россиялъул нухмалъиялде гӏайиб-гъвел гьабунгутӏизе. Гӏемераб жо бихьизеги лъугьа-бахъунеб бичӏчӏизеги гьунар бугев испаниялъуласда бихьулеб букӏана гӏицӏго «рагъул минаялъул» къватӏисеб рахъ ва гьесда лъалеб букӏун гьечӏо Кавказалъул рагъул тӏолабго жанисеб рахъ, ай балъгоял мурадалгун гӏиллаби.\nНилъеда гӏемер дандчӏвала гӏурус солдатасе рецц-бакъ гьабурал мухъал. Амма тӏубанго батӏияб асар гьабула, жиндир ишцояздаги магӏарулаздаги хадуб кӏваркьун халкколев Испаниялъул офицерас жиндирго пикраби загьир гьарун хъварал мухъал цӏалулеб мехалда.\n«Лезгинасе цӏакъ бокьула жиндирго чу, – ян хъвалеб буго Ван Галеница Дагъистаналъул магӏаруласул хӏакъалъулъ, – ва гьев божула Аллагьас чу чиясе кьун букӏиналде – гьесул реццги битӏккунгутӏиги бащад бикьиялъул мурадалда. Лъимерлъудасаго куцала гьев чотӏахъанлъиялъеги, ярагъ хӏалтӏизабизеги ва, бищун цӏакъал Европаялъул кьвагьдохъабиго гӏадин, гьесул ракӏчӏараб букӏуна, жинца кьвагьараб таманчаялдаса гулла яги чӏорбутӏалъусан речӏчӏараб чӏор гӏужде щвеялде. Гьезул тункӏил калибр нилъералдаса дагьаб буго, амма гьелъул хӏарацогун бащдалъ цӏикӏкӏараб буго Европаялъул армиялда ругел тункӏазулалдаса, гьединлъидал гулла рикӏкӏаде щола. Рахча-хьварал бакӏаздасан гьоркьоса къотӏичӏого кьвагьдолел гьезул гуллби гӏажаибго гӏужде щола кидаго. Гьеб кьвагьдеялъ гьарула, Европаялда киданиги лъаларел гӏадинал камиялги; гьез кӏвар гьабуларо рагъулаб гӏадлу-низамалъулги гӏарадабазулги. Гьелде тӏадеги, гьезухъа бажарула жидеде данде битӏараб гӏарадаялъе хъулухъ гьабулел солдатал гӏужилго чӏвазеги. Гьужумалде рачӏунел ругониги, нахъе къалел ругониги, гьел кидаго ахӏдола-чӏичӏидула, гьелъие гӏиллалъунги ккола гьезул къуркьи гьечӏеб фанатизм. Пуланаб бакӏалда рагъ гьабулеб мехалдаги, мугъзада нахъа жидерго халатал тункӏалги ран, гьел цоцалъ гъункула ва тӏад буртина жемараб квегӏаб квералъ нахъчӏвала хвалчадул кьаби ва гьелдаго цадахъ кваранаб квералъ данде рагъулезде речӏчӏула ханжар. Къо-къаб манзилалда рагъулаго гьезул гӏужиллъиги тирилъиги хӏисабалде босани, ханжар речӏчӏарав чи къанагӏат гурони чӏагоги хутӏуларо. Гьезул начальниказда букӏуна гвангъараб къолденги, шлемгун шишакги, гӏарцуцагун меседалъ къачӏараб багьа хирияб ярагъги, гьединабго бечедаб ретӏелги. Жидехъе щвараб бакӏ цӏунулеб рагъулъ гьезухъ кодор рукӏуна аварагасул хӏадисал тӏад угьарал байрахъалги».\nВан Галение хӏалхьи щвечӏо Кавказалдаса ун хадубги. 1830 соналъул сентябралда гьев гӏахьаллъана Бельгиялъул революциялда, голландиялъулазде данде рахъаразул бетӏерлъуда. 1836 соналда, Испаниялда вукӏаго, дивизиялъул командирлъун вугев гьес бергьенлъи босана къираласул политикияб партиялъул вакилзабазда тӏад. Конституция тӏадбуссинабиялъул мурадалда гӏуцӏараб балъгояб ишалда гӏахьаллъунилан абун, гьев жанив тӏамула, амма кватӏичӏого эркен гьавула ва тола Каталониялъул генерал-капитанлъун. Гьес къинабула 1842 соналда ккараб Барселонаялъул мятеж ва гочуна Англиялде. 1845 соналда тӏадвуссуна ватӏаналде.\n«Европаялда политикиябгун ра-гъулаб карьера гьабизе рес букӏарав Ван Галеница жиндир тӏехь хъвана, кӏиго соналъ Россиялдаги вукӏун, северияб империялда лъугьа-ба-хъаралъул ва жинда бихьаралъул хӏакъалъулъ хӏалбихьи загьир гьаби хӏисабалда. Хъвана гьеб бихьанщинаб жо жеги рекӏелъ чӏаго букӏаго.\nКавказалъул рагъул хӏакъалъулъ бицунеб гьесул тӏехь ккола Европаялъул гуревги цӏалдолесе мухӏканаб асарлъун. Гьеб буссинабуна Европаялъул гӏемерал мацӏазде – гьездаго гьоркьоб паранг мацӏалдеги – ва гьеб цӏалулеб букӏана Россиялдаги».\nИспаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосил «Хъвай-хъвагӏаял» абураб тӏехьалъ мустахӏикъаб бакӏ ккола Кавказа-лъул историографиялда.\nХӏажимурад Доногъо"}
{"slug": "6107-mukhiamad-tankaev-gavuraldasa-100-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6107-mukhiamad-tankaev-gavuraldasa-100-son-tiubayalde", "title": "Мухӏамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон тӏубаялде", "date": "2019-10-29 07:18:18", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Парашюталъ кигӏан гӏемер кӏанцӏаниги, ругьунлъизе заман щун бугониги, рекӏелъа хӏинкъи тӏагӏунеб гьечӏин абулаан Танкаевас\nМеседил медалалда академия лъугӏизабидал, Мухӏамад Танкаевасе рес щвана хъулухъ гьабизелъун аскаралъул бокьараб тайпа тӏасабищизе. Гьесда абула гьаваялъулгун десанталъулал аскаразде айилан. Гьевин абуни киданиги самолеталдасан парашюталъ кӏанцӏун вукӏинчӏо, парашют бихьунцин букӏинчӏо…\n— Хӏалтӏи байбихьизе ккана парашют лъазабиялдаса, — ян бицунаан Мухӏамад Танкаевичас, ва тӏадеги жубалаан зодор киналго ращадал рукӏунин абун. Самолеталдаса кӏанцӏулелъул, лъиданиги гьикъуларо мун командирищ яги мухъилавищ кколевилан. Тренировкабазул бицани — гьеб буго цӏакъго кӏудияб, кутакалда къобихьулеб захӏмат. Тренажералги, залги, кӏанцӏиялги. Гьеб киналъго нилъедаса тӏалаб гьабула къохӏехьейги бахӏарчилъиги. Гьелде тӏадеги нижеца, командирзабаз, солдатазда малъизе кколаан кӏанцӏизе гуребги, рагъизеги. Гьезда малъизе ккани, цин дидагоги лъазе ккеларищха. Жиндаго лъалареб жо кинха командирас солдатазда малъилеб.\nМедкомиссия тӏобитӏулелъул, тохтурзабаз Танкаевасда абуна жидеца гъукъулила дуе гьеб пишайилан. Гьелъие гӏиллаги букӏана гуллица рас-расун рарал гьуърул. Гьеб лъугьа-бахъин ккана 1941 соналда Калининский фронталда. Мухӏамад Танкаевичас ротаялъул солдатал гьужумалъ рахъинаруна. Цо заманалдасан хьибил бухӏун ана. Гьесда бичӏчӏана лъукъаравлъи, амма чӏезе заман букӏинчӏо. Гьев цеве ана, хадур солдаталги рачун. Ва гӏаздада гӏодов ккана. Гьелдаса хадубги гьев чанго нухалда лъукъана. Масала, 1943 соналда Ворошиловградалда ккарал рагъазулъ. Гьеб киналъулго хӏисаб гьабуна тохтурзабаз. Амма гьез хӏисабалде босичӏо Мухӏамадил къохӏехьейги, бихьинчилъиги, таваккалги. Штабалъул офицерзабазул къокъаялда цадахъ гьев тӏоцебесеб нухалда кӏанцӏана парашюталдасан. Цинги — кӏиабилеб, лъабабилеб… ва 125-абилеб.\nДунялалдаго бищун цебе Багӏараб Армиялда гӏуцӏана десантниказул къокъа. Гьебги букӏана 1930 соналъул 2 август. Гьеб мехалда къокъаялда вукӏана 10 чи. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гьаваялъулгун десантазул аскарал машгьурлъана Сталинградалда, Дальний Востокалда, Кавказалда, Днепралда ккарал рагъазулъ. Смоленщинаялда ккараб киназдаго ракӏалда буго. 1942 соналъул январь-февралалда тушманасул тылалде рехун вукӏана анцӏазарго чи. Доб заманалда ре-къон, гьеб букӏана кӏудияб къадар ва тушманасде гьабулеб кӏудияб гьужум. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицунаго пикрабалъе ккана Танкаев.\n— Рагъдаса хадуб чанго сон ана, халгьабе десантниказул аскаразулъ ккараб хиси, — ян абуна Танкаевас. — «Ил» ва «Антеи» самолетазул кумекалдалъун зодоре рахинарун бажарана танкалги, санитариял машинабиги, рагъухъабазул тӏубарал подразделениялги, артиллерияги.\nГазеталдасанги гӏемер цӏалана десантник кколин ракетчикги, танкистги, саперги, артиллеристги абун, гьесда лъазеги кколин бокьараб яргъил хӏалги, гьаваялдасан рагъулаб техника киб бугебали лъазабизе бажаризеги кколин. Гьединго десантник вукӏине кколин лъикӏав самбистлъунги, лъазе кколин каратэялъул приемалги. Гьеб киналъего рагъухъан куцалев вуго кӏиго соналъ. Кӏвеладай кӏиго соналда жаниб рагъухъанасда гьеб лъазабун? Гьелъул хӏакъалъулъ гьикъана Мухӏамад Танкаевичасда.\n— Гьеб гӏураб заман буго армиялде лъикӏаб хӏадурлъигун рачӏаразе. Амма загӏипал гӏолилазе жеги бащдаб лъагӏелги тӏаде жубалаан дица, — ян абуна Танкаевас. — Цо-цо нухалда дир ццимгицин бахъуна, армиялда хъулухъ гьабулел гӏолилазухъа бищунго бигьаялцин упражнениял гьарун бажарулеб гьечӏеблъи бихьидал. Кинго ричӏчӏизе кӏоларо спорталъулгун дагьабгӏаги хурхен гьечӏел гӏолилал. Загӏипазе армиялда захӏматго букӏуна. Гьединазда рагъалъги гурхӏел гьабичӏо. Сахаватлъиги къохӏехьейги гьечӏони, унго-унгояв десантниклъун вахъунаро. Инсанасе захӏмат букӏуна ругьунлъизе, хасго зодил «чӏобоголъиялде». Гьеб дидагоги бихьана. Солдат лъадаризе ккола киналъего. Кин? Офицерзабазулгун сержантазул мисалаздалъунги лъикӏаб рагӏудалъунги. Ахӏи-хӏуралъги, хӏалица гьабизе тӏамиялъги, буюрухъалъги хӏасил кьоларо. Лъикӏаб, ракӏбатулеб рагӏуца инсан сах гьавула.\nГӏумруялдехунги гьединабго бербалагьи букӏана гьесул. Гьединавлъун вукӏана гьев рагъдаги, гьелъие ритӏухъавлъун хутӏана ракълилаб заманалдаги.\n— Тӏубарал къояз гьев вукӏунаан ротабазда, батальоназда, — ян бицунаан Вера Николаевналъ.- Гьедин букӏана гьес полкалъе нухмалъи гьабулеб лъабабго соналда жаниб. Цогидал офицерзабазул руччабаздасан лъалаан дида гьевги парашюталдаса къаси мехалда кӏанцӏулевлъи. Дунги кьижулароан, ясги йикӏунаан зурзудилей, рогьалилъ ваккун вачӏунаан.\nЦо гьадинаб лъугьа-бахъинги ккун букӏана. Мухӏамад Танкаевичасда ракӏалда букӏинчӏо зодове вахине. Солдатал ругьун гьурулел рукӏана. Гьесда рагӏана кӏигояв парашютгун кӏанцӏизе хӏинкъун вугилан. Десантникасул форма ретӏана гьес ва сагӏаталдасан солдатазул цӏияб къокъа гӏуцӏана. Гьелда гьоркьове вачана хӏинкъарав дов кӏиявго солдатги. Гьес щибго калам гьабичӏо, гьезие бадирчӏваял гьаричӏо. Самолеталда рекӏун унелъул, гьезда аскӏове ана ва абуна гьабсагӏаталда жив кӏанцӏилин, жинда хадур кӏанцӏизе хӏадурлъейин. Кӏудияб божилъигун гьезухъги валагьана. Гьеб божилъи бихьана гьел солдатаздаги. Парашютги рагьун, Мухӏамад эхеде валагьана ва вохана, жиндаго хадур рачӏунел солдатал рихьидал.\n— Жеги-жеги хӏинкъула дун, — ан бицана гьес, — жакъа дир букӏана 62-абилеб кӏанцӏи, ругьунлъизе заманги щун буго, бугониги рекӏелъа хӏинкъи тӏагӏунеб гьечӏо. Лъалищ нужеда дие сунца кумек гьабулебали? Дица кидаго ракӏалдещвезарула рагъул заманалда тушманасул тылалде парашютгун аралги, 30-абилел соназ тӏоцебе зодоре нухал рагьарал бахӏарчиял гӏадамалги. Гьезда гьоркьов вукӏана дир ракьцояв Наби Аминтаевги. Абизе бегьула ниж рукӏанин кӏицӏулго ракьцоялин. 1935 соналдаго гьев кӏанцӏана, кислородалъул маскаги гьечӏого, 7600 метралъул борхалъудасан ва чӏезабуна дунялалъулго рекорд. Кӏиго соналдасанги кӏанцӏана 10000 метралъул борхалъудасан. Рагъул соназдаги гьев хӏинкъи лъаларев рагъухъан тушманасул тылалде воржана чанги. Гьес партизаназухъе щвезарулаан ярагъги, дарабиги, рагъулал сурсаталги. Рукӏана цогидалги. Гьездаго гьоркьор ясалги. Ва цо кинабалиго жанисеб гьаракьалъ дида абула гьабизе, кӏвезе, бажаризе кколаян.\nЦо солдатас абуна гьел рукӏанин жидерго ишалъе гӏоло сундаго барахщи гьечӏел, кӏудияб гьунаралъул гӏадамалилан.\n— Гьелги циндаго гуро ра-хъарал тӏадегӏанаб классалъул махщелчагӏилъун. Спорталде бугеб рокьиялъги, тӏасабищараб ишалде бугеб кӏудияб гъира-шавкъалъги бажарана гьезухъа бищунго захӏматал тӏогьал мутӏигӏ гьаризе ва жидерго цӏарал машгьур гьаризе, — ян бичӏчӏизабуна Мухӏамад Танкаевичас солдатазда. — Гьезул анцӏгогӏан лъикӏал парашюталги руго нилъер. Нилъ, нужги дунги, ккола ватӏан цӏунулел рагъухъаби. Гьеб нилъеда кидаго ракӏалда букӏине ккола.\nХӏажи Гӏарипов"}
{"slug": "6109-giarats-gechiol-iyal-kveralgi-rukhun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6109-giarats-gechiol-iyal-kveralgi-rukhun", "title": "Гӏарац гьечӏолъиялъ квералги «рухьун»", "date": "2019-10-29 07:23:54", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Жамагӏаталда мугъчӏвай гьабиялъ цӏикӏкӏана хӏалтӏул рахъин\nРосу-жамагӏат ккола цо кӏудияб хъизам. Росдал бегавулги ккола гьеб хъизамалъул эмен гӏадав чи. Гьединлъидал гьесде тӏаде ккола хъизамалъул масъалаби тӏуразариялъул ишги, «лъималазул» гӏумру-яшав лъикӏлъизабиги.\nРосдал бегавуллъун вукӏаго жамагӏаталъе щиб гьабун бажарараб, кинал суалаз жакъа рахӏатхвезабун бугеб, кинал ругел церечӏарал масъалаби? Гьел ва цогидал суалалги рорхун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Хасавюрт районалъул Кокрек росдал бегавул Мирза Муртазагӏалиевасулгун:\n— Мирза, рачӏа байбихьизин Кокрек росдал тарихалъул бициналдасан.\n— 1944 соналда чачаназул ракьалде хӏалгьабун гочинаруна Рилъаб, Чӏилда ва Чанаб росабазул гӏадамал. Чачанал тӏадруссине байбихьидал, гьел Дагъистаналде рахъине ккана. Гьезул хӏукму ккана колхозазул гӏи-боцӏиялъ хасел тӏамизе хӏукуматалъ кьун букӏараб авлахъалда росу базе. Мина базе цо хъизамалъе хӏукуматалъ кьолаан 1500 гъурущ ва, кумек хӏисабалда, кьолаан цӏул-цӏа, шифер.\n1958-1959 соназда 150 хъизама-лъухъа бажарана жидеего санагӏатал минаби ран. Гӏуцӏана колхоз, хадуб гьеб сверизабуна цӏибил гӏезабулеб совхозалде. Чанго соналдасан, «совхоз-миллионер» абун, гьелъул цӏар Дагъистаналдаго тӏибитӏана ва гӏадамазул гӏумру-магӏишат цебетӏуна.\n1990-абилел соназда байбихьана совхозалъул магӏишат кӏалагъоркье чӏвазе. Цӏибил бахъ-бахъун бана, хӏалтӏул бакӏал дагь гьаруна, халкъалъул бечедаб магӏишат биххана, хвана, бикъана, бикьана. Жакъа росдал гӏадамал руго кӏварас кӏвараб, щварас щвараб гьабун. Аслияб куцалда гӏумру-яшав бараб буго жидерго ракьалда гӏезабураб бачӏиналда, даран-базаралда, пенсия-пособиялда.\n— Кинал росаби унел администрациялде гьоркьоре, чан чи вугев гӏумру гьабун, щиб миллата-лъул чагӏи гьел кколел?\n— Кокрек росдал администрациялде гьоркьобе уна Кокрек ва Къарланюрт станция росаби, гьенив гӏумру гьабун вуго ичӏазаргогӏанасев чи, гьезул 99 процент буго магӏарулазул. Аслияб куцалда гьел ккола Чӏарада, Гӏахьвахъ, Хунзахъ, Болъихъ, Казбек районазул гӏадамал. Руго дагьа-макъал гӏурусал, татарал, чачанал, даргиял ва лъарагӏал. Районалъул цоги росабазде дандеккун, Кокрек ва Къарланюрт станция росабазул гӏадамал руго цоцалъ рекъарал ва цоцазе кумекалъе рахъунел чагӏи.\n— Мун хъулухъалда вугеб 12 соналда жаниб росдае щиб гьабун бажарараб?\n— Гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ халатаб буго, гьединлъидал рехсела росдае цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏарал. Хӏукуматалъ биччараб 600 азарго гъурущги харж гьабун, жамагӏаталъул кумекалдалъун жаниса бацӏцӏана аслияб канал, росдал администрациялъул 300000 гъурущги харж гьабун, бацӏцӏана кӏиабилебги канал.\nЖамагӏаталъул гӏи-боцӏуе ветеринариял тадбирал гьариялъе бана кӏиго рочон, хварал хӏайванал ралеб хасаб бакӏ, сверун къараб кьишни балеб хасаб бакӏ, рагӏа-ракьанде щун къачӏана росулъ бугеб ункъо кьо, 420 азарго гъурущги харж гьабун, Кокрек ва Къарланюрт росабазда гьоркьоб бана цӏияб кьо.\nЖамгӏиял хӏалтӏабазулъ кӏудияб бутӏа лъуна Гӏандиса Гӏумаханова Айзанат абулей гӏаданалъ. Кьо базе гьелъ кьуна 80000 гъурущ, 10-20-30 азарго гъурщил кумек гьабурал чагӏиги ккана. Пенсиялда йигей Гӏалиасхӏабова Пасихӏатица 300 азарго гъурущги харж гьабун бана кьо. 1965-1970 соназ бараб росдал администрациялъул мина букӏана басралъун, жаниве чи вачине нечараб хӏалалда. Гьанже балагьеха, кӏиго миллион гъурущги харж гьабун, берккезе хӏинкъараб къагӏидаялда къачӏана. 500 азарго гъурущги харж гьабун бана «Хъахӏал къункъраби» памятник…\n— Росдал бегавуласул бетӏер унтизабулел масъалабилъун рикӏкӏуна токги, газги, нухалги…\n— Гьел ккола киса-кирего ругел масъалаби. Гьеб рахъалъ нижее хӏукуматалъул кинабгӏаги кумек щвечӏо, дица нухал ратун, росдал гӏадамаз жидецаго харжал гьарун тӏуразаруна масъалаби. Масала, Къарланюрт росдал гӏаммаб ракьалдасан ункъо ракьул участок бичун щвараб гӏарцудалъун ва гьеб росдал жамагӏатчагӏазул жигаралдалъун бачана гьенибе токги газги.\nКокрек росдал басриял авалазда гьечӏо токалъул бицине гӏураб масъала, цӏияб авалалда букӏуна токалъул къуват гӏоларого. Рес бугеб жо гьабулеб буго, масала, жамагӏаталъухъа гӏарацги бакӏарун дагьаб цебе босана цӏияб трансформатор, унел руго гьеб рекъезабиялъул хӏалтӏаби.\nГӏумаров Сагӏаду вуго токалъул хӏалтӏи лъикӏ лъалев чи. Ток аниги, гьелъул алатал къачӏазе кканиги гьев ахӏула ва Сагӏадуца тӏубала гӏадамазул мурад. Жамагӏаталъул рахъалдасан гьесие баркалаги буго.\nСоветияб заманалда цӏибил лъалъазе гьабураб хӏорихъан жибго чваххун бачӏуна росулъе гьекъолеб лъим.\nРайоналъул цогидал росабазде дандеккун, нижер руго цӏакъ лъикӏал нухал. Нижер букӏана сов-хоз-миллионер. Совхозалъ росдал киналго нухазде хъил тӏун букӏана, гьеб жеги хун гьечӏо.\nРосу тӏубанго газалдалъун хьезабун буго, гьениб кинабгӏаги гӏарз букӏунаро.\n— Росабазул бегавулзабазул гӏарз букӏуна росулъ хӏалтӏи гьечӏого гӏемерал гӏолохъаби ругин, гьединлъидал камулеб гьечӏин гьекъел-мехтелалъул, наркотикал хӏалтӏизариялъул хӏужаби, цо-цо нухалда гъалмагъирги…\n— Кокрекалъулал ккола, аслияб куцалда, росдал магӏишаталда рухьарал чагӏи. Щибаб хъизамалъул буго ах-хурги, гӏи-боцӏиги, гӏанкӏу-хӏелекоги.\nГӏолохъабаз картошка бекьизе ижараялъе росула аскӏор ругел Узунотар, Андрейаул, Байрамаул, Муцалаул росабазул ракьал. 50-100 гектаралда картошка гӏезабулел гӏолохъабиги руго.\nГьединлъидал нижер гӏолохъа-базул заман гьечӏо гьекъел-мехтелалде ва наркотиказде руссун чӏезе.\n— Фермерлъиялъул чан магӏи-шат бугеб, СПКялда рухӏго бугищ?\n— Буго Мухӏамад Гӏабдулмажи-довасул (совхоз-миллионералъул вукӏарав председатель) цӏаралда бугеб СПК. Аслияб къагӏидаялда СПКялъ гӏезарула могьолал культураби. Кибго гӏадин, нижер СПКги цӏакъ загӏиплъун буго, кватӏичӏого гьеб пакъир тарихалде инилан ккола.\nНижер кӏиябго росулъ батила, гӏага-шагарго, 25-30 фермерлъия-\nлъулаб магӏишат. Масала, Мухӏамадов Хӏасанил буго жиндирго хъизамалъул фермерлъиялъулаб магӏишат, амма бачӏин бакӏарулеб мехалъ гьес хӏалтӏизе вачуна 30-40 чи. Гӏалиасхӏабов Баширил буго 12 гектаралда гӏуцӏараб ахихъанлъиялъул фермерлъиялъулаб магӏишат.\nКъарланюрталда буго Асадулаев Ибрагьимил чӏегӏербоцӏи гӏезабулеб фермерлъиялъулаб магӏишат. Анд-рейаулалда анцӏго гектар ракьги ижараялъеги босун, гьес бана ферма, буго хер бецулеб бакӏги.\n— Кинал ругел исана тӏуразе кколел суалал ва церечӏарал масъалаби?\n— Захӏмалъабиги нахъе тӏамун тезе бегьуларел масъалабиги гӏезегӏан руго. Бищунго захӏматаб ккола бюджеталъул суал. Гӏарац бугони, магӏарда ахги гьабулин абула. Беццаб бадиса бачӏунеб магӏу гӏадаб гурони гӏарац хӏукуматалъ кьолеб гьечӏолъиялъ захӏмалъулеб буго росуцоял разияб хӏалалда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Планалда буго Кокрек росдал клубалъул минаялда ремонт гьабизе, гьекъолеб лъел басралъарал мухъазул рогӏрал хисизе, чара гьечӏого хӏажат буго хӏор сверун къазе, гьенив хъаравул тезе, канлъи чӏезабизе. Кокрекалъул кӏиго сменаялда хӏалтӏулеб росдал басрияб школалда вуго 800-гӏанасев цӏалдохъан. Бищунго захӏматаб масъала ккола чамалиго соналъ балаго нухда хутӏараб цӏияб школалъул мина лъугӏизаби.\nТокалъул кварал руго бихьизабураб заманалдаса лъабго-ункъо нухалъ цӏикӏкӏун хӏалтӏарал, ай 20 соналъ церего хисизе кколел рукӏарал.\nКӏудияб къварилъи буго лъалъаялъе хӏалтӏизабулеб лъим гӏоларого. Абулеб буго лъехъ гӏарац кьезе кколин. Лъехъ гӏарац кьуни, ракь хӏалтӏизабиялдалъун гӏадамазе щиб пайда кьезе бугеб?\nНури Нуриев"}
{"slug": "6110-shvejtsariyal-ul-davos-dag-istanal-ul-almakh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6110-shvejtsariyal-ul-davos-dag-istanal-ul-almakh", "title": "Швейцариялъул «Давос», Дагъистаналъул «Алмахъ»", "date": "2019-10-29 07:29:15", "categories": ["obshestvo"], "text": "Россиялъул ВВПялда (валовый внутренний продукт) гьоркьохъеб бизнесалъ ккола 18 процент, Турциялда — 40 процент\nРоссиялдаги Турциялдаги гьоркьор политикиялгун экономикиял ва туризмалъул бухьенал соналдаса соналде цӏикӏкӏунел руго. Мадугьалихъ ва цебегоялдаса нахъе цоцада «рухьун» рукӏиналъги гьел суалазулъ лъалеб бакӏ ккола Дагъистаналъ. Гьитӏинаб бугониги, цо хасаб бутӏа гьеб кӏудияб ишалъулъ лъуна сентябрь моцӏалда нилъер бизнесчагӏазул кӏудияб делегациялъ Стамбулалде гьабураб сапаралъ, гьелъул хӏасилаз. Гьеб сапар гӏуцӏун букӏана Махӏачхъалаялъул бизнесчагӏазул ассоциациялъ. Редакциялде щварав гьелъул (гьелда гьоркьове уна тӏолабго Дагъистаналдаса 645 бизнесчи) нухмалъулев, Гумбет районалъул Ингиши росулъа Пахрудинов Гӏабдулхӏакимилгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Нуж Турциялде иналъе гӏилла щиб букӏараб?\n— Турциялда буго дир гӏемераб гӏагарлъи, Шамилил заманалдаго доре аразул наслуялъул гӏадамал. Гьезда гьоркьов вуго пачалихъияв ва жамгӏияв хӏаракатчи Ахӏмад Чинар, гьев ккола дир мажмикь. Кинабгоялде тӏадеги цебегоялдаса нахъе бокьун букӏана гьениве щвезе. Дир гьудул Айтемир Сатираевасул букӏун буго турказул бизнесчагӏазулгун (гьезда гьоркьов «Алмахъ» туристиябгун сахлъи щула гьабиялъул центра-лъул партнер — инвесторлъун бугеб «Сиде-Су» фирмаялъул нухмалъулев Кадирбейги) лъикӏаб, гьудул-гьалмагълъиялъулаб гьоркьоблъи, лъай-хъвай. Гьанире рачӏарал гьезулгун дирги лъай-хъвай гьабуна Айтемирица. Дица гьикъана Кадирбейида нужер добаги бугин нижерабго гӏадинаб бизнесчагӏазул ассоциация («Мусиад» гӏуцӏиялда гьоркьове уна анкьазаргогӏанасев бизнесчи, гьелъул вакил вуго 50-гӏанасеб пачалихъалда), бокьун бугин гьелъулгун бухьен гьабизе, гьечӏищин дур гьединаб ресин абун. Гьес абуна живги вугин гьеб ассоциациялда гьоркьов, лъалин гьелъул гӏуцӏарухъаби, жинца тӏубалин гьеб суалин абун. Дица ракӏарана нилъер бизнесчагӏи, данд-\nрана киналго суалал, церелъуна тӏуразе ккарал масъалаби ва кӏиго моцӏалъ цереккунго ритӏана дозухъе нижер ругел мурадал, гьабизе бокьараб цадахъаб хӏалтӏул планал. Хехго щвана жавабги. Гьелда рекъон, 32 бизнесчиясдаса гӏуцӏараб делегация Стамбулалде щвелалде кинабго батана цӏакъго лъикӏ хӏадурун, чӏезарун рукӏана шартӏал, тӏоритӏана батӏи-батӏиял дандчӏваял. Дица кутакалда пайдаяблъун рикӏкӏуна доре инги, ккарал хӏасилалги. Гьелдаса хадуб, гьарурал къотӏи-къаязда рекъон, нижер чанго вакил нахъеги ана дове чӏванкъотӏарал контрактал хъвазе.\n— Тӏолабго Россиялда, гьелда гьоркьоб Дагъистаналдаги, ишазулал гӏадамазда, бизнесчагӏазда къойил дандчӏвалел масъалаби (кӏудиял налогал, административияб тӏадецуй) киназдаго лъала. Турциялда кинаб хӏалха бугеб гьеб рахъалъ?\n— Гӏемерго бигьа буго, гьезие дора чӏезарун руго гӏемерал бигьалъа-би, шартӏал. Нилъер гьанибгӏан бизнесчагӏазе захӏмалъаби ругеб бакӏ дида лъаларо. Нилъер гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал, бизнесчагӏазда дандчӏвалел захӏмалъабазул бицараб заманалда, гьедин рукӏунго кин нуж хӏалтӏулел, кин нужеца яшав гьабулебинги абун, бетӏер ккола доз. Доба буго тӏубанго батӏияб хӏал. Дуе цо щиб бугониги рагьизе, цӏияб иш байбихьизе бокьани, киналго пачалихъиял идараби руго дуе кумекалъе – буго учузаб гӏарац (бецӏизе кколеб процент цӏакъго гьитӏинаб), учузаб мина-карт, кивниги вукӏунаро, кумек гьабун гурони, дуе квалквал гьабулев чи. Цоги рахъалъан босани, доба кьуричӏого хӏалтӏула къвакӏараб, киназего бащадаб закон. Кинабгӏаги балъголъи гуро, пачалихъалъухъа жиндие щибго гьечӏеб заманалда бизнесчагӏазги щиб рес батунги яхӏ бахъула пачалихъалъе кӏванагӏан дагьаб кьезе, бахчула бугебги. Турциялда гьечӏо гьединаб низам. Пачалихъалъ бизнесчагӏазухъа босулеб бутӏа буго дагьаб, гьитӏинаб, амма гьез гьеб кьола, гъираялда кьолин абуниги, мекъиги ккеларо. Гьел «нечола» тӏадал налогал кьечӏого чӏезе, гьезда кутакалда лъикӏ лъала жинца кьураб кинабго, кибниги бикъичӏого нухазде-кьоязде, социалиял хӏажалъабазде унеблъи. Ни-лъееги чара гьечӏого хӏажат буго дозул даражаялде рахине, рахинчӏого ресги гьечӏо. Бачина цо мисал. Россиялъул ВВПялда (валовый внутренний продукт) гьоркьохъеб бизнесалъ ккола 18 процент, Турциялда гьеб буго 40 процент, СШАялда — 50 процент. Гьеб процент цӏикӏкӏарабгӏан пачалихъалъул гӏуцӏиялъеги щола щулалъи, гьелъул экономикаги рикӏкӏуна цебетӏураблъун.\n— Россиялъулги Турциялъул-ги бухьенал кидаго рукӏана цин тӏаде ун, цин гӏодоре ккун. Гьел цо хӏалалда гьечӏого рукӏиналъ рахӏатхвезабуларищ бизнесчагӏазул?\n— Дандчӏвараб заманалда турказул бизнесчагӏаз кидаго бихьизабула зоб, нилъер рагъулаб самолет бортизабидал гьоркьоблъи хун букӏиндал, додинаб мисалалъул жо цоги ккезе гурин абураб хӏинкъи бугин абураб магӏнаялда. Амма гьабсагӏаталда гьединаб рахӏатхвей букӏиналъе гӏиллаби гьечӏо. Нижер кӏиябго ассоциациялъ гьаруна къотӏи-къаял, гьезда рекъон щибаб соналъ хасало ниж ине руго доре, ихдал-риидал дол рачӏине руго гьанире. Нижер буго гьадинаб пикру. Швейцариялда щибаб соналъ тӏобитӏула «Давос» экономикияб форум, щай бегьулареб гьединабго мисалалъул «Алмахъ» форум нилъер гьанибги тӏобитӏизе? Гӏемер лъикӏ бегьула ва нижеда ракӏалдаги буго гьедин гьабизе, санайилаб «Турция-Дагъистан» форум Казбек районалъул Алмахъ росулъ, «Алмахъ» централда тӏобитӏизе, гьелъие хӏажатаб кинабго гьабизе байбихьунги буго.\n— Экономикаялъул кинал ра-хъал гьоркьоре рачине ругел Турция-Дагъистан бухьеназ, нилъер\nгьанир бизнесчагӏазе ругел захӏматал шартӏаз хӏинкъизаризе гьечӏищ гъол?\n— Бизнесчи вуго жиндир хӏалтӏулъ цо щиб бугониги ккезе бегьулин абураб хӏинкъи камуларев, дандчӏвалел масъалабаз къуркьизавуларев, кидаго цевехун унев чи. Гьезул гъира буго нилъер росдал магӏишаталъул нигӏматаздехун, хасго пиринчӏалдехун, Гъизилюрталда бугеб фосфоразулаб заводалъул продукциялдехун, бокьун буго нилъер минералияб лъим. Хӏалтӏулел руго гьаниб мебель гьабиялда, гьелъул тукенал рагьиялда тӏад. Туркал руго бакӏал раялъул устарзаби, гьезул къасд буго ралел бакӏазе хӏажалъулел материалал къватӏире риччалеб завод гьаниб базеги. Нилъер гьаниб гӏемер бицуна туризм цебетӏезабизе ккеялъул, гьелъие турказул буго хӏакъикъияб гьунар, къваригӏун буго гьезухъа гьеб махщел щвезе. Гъозие бищун бокьулареб, дандего кколареб жо буго ришватчилъи. Гьанже гъоздаги бихьулеб ва бичӏчӏулеб буго гьеб унти ни-лъер гьаниб дагьлъулеб, рацӏцӏалъи цебетӏолеб букӏин.\n— Мун вуго цевегоялдаса нахъе (1991 сон) бизнесалда вугев, хӏалбихьи бугев чи. Ахираб заманалда, хӏакъикъаталдаги, бигьалъанищ бизнесчагӏазе хӏалтӏи гьабизе?\n— Хиса-баси ккана гьадинаб — рацӏцӏалъи цӏикӏкӏана. Цо жо гьабизе, цӏияб иш рагьизе ккани, анцӏго идараялъ абулаан кьего кьейилан. Гьанже гьеб гьечӏо, чиновниказ нижехъа ришват босуларо, хӏинкъула босизе. Гьебги буго кӏудияб бергьенлъи. Амма дие цӏакъ бокьилаан (гьеб буго дир анищ) гьез гьеб хӏинкъун гуреб, хасиятаблъун лъугьун босичӏого тезе. Дагьлъана халгьабиялги. Цоги бигьалъаби, ай банкалдаса учузаб гӏарац щвей ва цогидабги нилъер гьаниб жеги гьечӏо.\n— Бугищ абизе бокьараб жого?\n— Нилъее цӏакъ бокьула власть какизе, амма какун жо кколаро, гьелъ хӏасил кьоларо. Хӏасил кьола гьабураб пайдаяб хӏалтӏуца. Кибго бицуна нилъер пачалихъалъе гӏолел гьечӏин инвестициял абун, цо данделъиялда Медведевасцин абуна нилъер инвестициялъулаб атмосфера бугин загьру гъорлъе бараб гӏадинабилан. Инвестициял рачӏинчӏони, пачалихъ цебетӏоларо. Гьебго буго Дагъистаналдаги, гьеб берцин ва лъикӏ бихьулеб хӏалтӏи гьабичӏони, гьел гьанире рачӏунаро. Турциялдеги ун нижеца гьабулеб хӏалтӏи буго гьитӏинаб, амма хадубккун Дагъистаналъе пайда кьолеб иш. Дие цӏакъ бокьилаан, нижедаса мисалги босун, цогидазги гьединабго хӏалтӏи гьабизе. Гьаб заманалда гьелъие киналго нухал рагьунги руго, лъицаниги щибго гьу-къунги гьечӏо.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "6141-giumruyal-mal-ila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6141-giumruyal-mal-ila", "title": "Гӏумруялъ малъила…", "date": "2019-11-01 11:30:35", "categories": ["kultur"], "text": "Гӏажаибаб жо буго инсанасул гӏумру. Цин гьулчун бачӏуна, жиндирго карачелалгун, цинги гӏодобцуна, жинцаго гьабуралда ракӏги бухӏун. Цо-цо нухалда гьелдаги кӏочон толеб буго жиндиего лъикӏлъи гьабурал гӏадамал.\nЖиндир адабги гьабуларел, гӏодобги лъун, жиндаго тӏад расандулезе, талихӏалъул къвачӏаги баччун, дандего бекерун уна гьеб. Цо-цо нухалда гьелдаги рагӏулеб гьечӏо «Гӏумру, бокьула мун дие!» — йилан ахӏи балезул гьаракь. Рагьдухъ хасалихълъиги буго, гьелъул берцинлъиялдаса гӏорцӏуларого дунги йиго. Гӏинтӏамун гӏенеккаразда рагӏизе буго меседил кьер чӏварал тӏанхазул ахирисеб хӏухьелалъул угьи. Тӏубараб рииялъ гьел тӏанхаз рагӏад кьуразда рагӏулеб гьечӏо гьезул зигара. Мерхьунаго гьелгун, унел руго гӏадамал. Гьезие ургъелцин гьечӏо гъутӏбуздаса рортунго рортун рачӏунел тӏанхазул.\n— Инсан, щай дуца малакь мерхьунел цо къоялъгӏаги дуе кумекалъе ратарал тӏанхал?\n— Кӏудияб пайдайищ дие гьездаса букӏараб. Гъутӏбиги тӏанхалги дагьалищ ругел ракьалда. Гьел ина, гьезул бакӏ кквела цогидаз, дагьалги берцинал тӏанхаз.\nАна тӏанхал гьороца росун. Цогидалин абуни, гӏадамаз мерхьун, ракьалда тӏупана, лъабабилел гьаваялда женжедилел руго. Гьединал, тӏанхазе захӏматал лахӏзатаз, лъиданиги ракӏалдещвечӏо дагьаб цебегӏангицин жидее гьездаса букӏараб пайда. Гӏадамаз пикру гьабулеб буго бачӏунеб соналъ рижизе ругел тӏанхазул. Гьезулги, гьайгьай, букӏина жакъа гьал тӏанхазул гӏадаб къисмат.\nГӏажаибаб жоха гьаб гӏумру бугеб! Лъукъун буго божилъи. Галадана ритӏухълъи. Загӏиплъана гьуинлъи. Гьел тӏанхазда релълъараб къисмат буго нилъерги, гӏадамал! Кидал нилъ ругьунлъилел гӏумру каранде къазеги къисмат беэдизеги? Кидалдай ричӏчӏилел нилъ цоцазда. Гӏумруги гӏадамалги!\nХасалихълъиялда цадахъго речӏан унел руго пикрабиги. Щиб лъалеб, бачӏунеб ихалъ гьелги цӏилъизе ратила.\n— Хасалихълъи, щай духъ рокьи ккун букӏунеб киназулго? Щай мун киназго кӏодо гьабулеб? Тӏабигӏаталъе цӏилъиялъул хулжаги цӏун бачӏунеб гьайбатаб ихалъулги тӏогьолаб роолги бутӏагойищха гьечӏеб дур гьарзалъи-бечелъиялъулъ. Гьез гурищ дуе гьаб кинабго сайигъат гьабураб? Щибха ккараб алъул? Гьезул цӏаргицин рехсоларо, дур тӏадегӏанлъиялъул бицунелъул. Дуцагогӏаги щай гьел ракӏалдещвезаруларел!?\n— Дицаги мисал гӏадамаздаса босулеб бугоха.\n— Нагагьлъун рии-их бигъани, щибха гьабилеб дуца?\n— Гӏумруялъ малъила гьебги."}
{"slug": "6142-l-imalazda-kurkbi-g-ola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6142-l-imalazda-kurkbi-g-ola", "title": "Лъималазда куркьби гъола", "date": "2019-11-01 17:25:52", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Гӏемерисел умумуз учительзабазде тӏаде рехун тола жидерго лъималазул пагьму цӏикӏкӏинабиялъул суал. Гьезда ракӏалдеги ккола школалде иналде лъималгун хӏалтӏизе кколарин ва гьезда щибго жоги бичӏчӏуларин.\nУмумузда ккола цого-цо цӏалун бажарани ва лъикӏал къиматал росани лъималазе гӏунги тӏокӏаб бугин. Амма нилъеда бихьула гьабураб къоялдаса нахъе лъимер берцинабщиналде балагьулеб, хӏеренаб гьаркьихъ гӏенеккулеб ва кьер берцинал расанкӏабигун расандулел рукӏунел.\nУмумузда тӏадаб буго жидерго лъимер, гьабураб къоялдаса нахъе берцин бихьизеги, гьеб берцинлъи загьир гьабизе ругьун гьабизеги. Искусство буго дунял бичӏчӏи, лъай. Лъикӏаб буго лъималазе берцинго, хӏеренго ахӏулеб кечӏцин биччазе. Къуръан цӏалулеб гьаркьихъ гӏенеккизе тӏамизеги ккола гьел. Гьезие рицине ккола маргьаби. Ругьун гьаризе ккола квешаб-лъикӏаб батӏа бахъизе ва ритӏухълъи кидаго бергьунеблъи биччӏчӏизабизе. Лъимералъе сурат бахъизе бокьулеблъи бихьани, росизе ккола краскаби, фломастерал, кьер-кьерал къалмал ва къваригӏараб алат.\nГӏемерал лъимал рихьана гьитӏинаб къоялдасаго умумуз батӏи-батӏиял кружоказдеги рачун, гӏураб мехалъ жидеего гӏумру гьабиялъе бигьаго нух батарал. Гьединал лъимал сундасаго хӏинкъуларо, жидедаго сверухъ кидаго бурцинлъи гӏуцӏулел рукӏуна. Дир ясалъулги руго гьединал гьудулзаби. Масала, Жамиляца бицана гьитӏинаб къоялдаса нахъе эбелалъ жий лъабго сон тӏубралдасаго ячанила гӏемерал кружкабазде: сурат бахъиялъул, кьурдиялде, кечӏ ахӏиялде, пианиноялда бакънал рачине ва гьелда тӏадеги спортивиябгун квен гьабиялъул кружоказдеги.\n«Гьитӏинаб мехалда дун йикӏана цӏакъ кӏвахӏалай яс. Эбелалда абулаан щай дун лъималгун рагьда тира-сверизе толарейин. Дихъ гӏенеккичӏо эбел ва щибаб къоялъ, бихьизабураб низамалда рекъон, киналниги кружоказдеги ячана. Кӏудияй гӏедал, школалда цӏалулеб мехалда диегоги бокьана гьение хьвадизе», — ян бицана Жамиляца.\nЖакъайин абуни гьелъул буго истаграмалда бокьарав чи бахилаб гьумер. Гьелъ букъула ретӏел, гьабула батӏи-батӏияб квен, тортал, рукъула лъилго гьечӏел гӏадал сумкаби, рахъула берцинал суратал, бачуна пианино. Гьелда тӏадеги Жамиля щвечӏеб пачалихъги хутӏичӏо. Гьелъ жакъа баркала кьола эбелалъе жиндир заманалда гьабураб тӏалабалъухъ. Гьелъ тӏадчӏей гьабичӏебани жиндир гьадинаб гӏумру букӏинароанин бицана Жамиляца. Дагъистаналдаги руго лъималазе киналго шартӏал чӏезарун: суратал рахъулезеги, кечӏ ахӏулезеги, кьурдизе бокьаразеги, шагӏил тӏагӏелал гьарулезеги ва цогидалги махщелал лъазаризеги. Гьедин букӏин бихьана гьал къоязда Махӏачхъалаялъул анлъго искусствоялъул школаз гӏахьаллъи гьабураб, Москваялъул миллатазул рокъоб тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб лъималазул къец араб куц бихьидалги. Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун лъималаз рахъарал суратал ран рукӏана, Франциялдаса, Китаялдаса, Белоруссиялдаса, Италиялдаса лъималазул суратазда цадахъ, Москваялъул кӏудияб кӏалгӏаялъул къадада.\n«Хӏакъикъат» газеталъул мухбир, ДРялъул кидагосеб вакиллъиялда цебе гӏуцӏараб жамгӏияб советалъул СМИялъул комиссиялъул председатель Патӏимат Расуловалъ данде гьарун рукӏана, конкурсалъул хӏасилалда бергьарал, Махӏачхъалаялъул лъималазул централъул №8 искусствалъул школалъул, республикаялъул «Центр одаренных детей» школа-лицеялъул, «Жизнь без слез» абураб сакъатазе кумек гьабулеб регионалияб централъул, канлъукъазул школа-интернаталъул, гӏинда бакӏал лъималазул школалъул лъималазул хӏалтӏаби. Гьел суратал рахъулел школазул мугӏалим Муслим Хавчаев ккола РФялъул лъайкьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан ва гьес гӏемераб хӏалтӏиги гьабула лъималазда суратал рахъизе малъулаго.\n«Дун цӏакъ вохарав вуго Махӏачхъалаялъул лъималазул халкъалда гьоркьосеб къецалда гӏахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Эбел-инсуда тӏадаб буго лъимал цо сунде ругониги руссинаризе, гьезулъ тӏатараб гьунар цебетӏезабизе. Дихъеги рачӏуна сурат бахъизеги хӏатӏул батӏ-батӏиял тӏагӏалаби гьаризе ругьунлъизеги бокьарал гӏемерал лъимал. Хӏатта рачӏуна кӏиго-лъабго сон баралцин. Гьелгун хӏалтӏизе захӏматго букӏаниги, дида бихьула щибаб дарсидаса хадуб гьезул гьурмал гвангъулел куц. Цо кинаб бугониги гьунар гьечӏел лъимал рукӏунаро. Аслияб жо буго гьезулъ бугеб гьунар-махщел тӏатинаби ва гьел цо рахънире ккезари, ай лъималазда гъола куркьбал», — ян бицана Муслим Хавчаевас.\nМоскваялда тӏобитӏараб гьеб къецалде рачӏун рукӏана Франциялдаса гӏахьалчагӏиги, хасго гьеб проект гӏуцӏарай Стефани Гаспар. Гьей ккола We are the World evehts ассоциациялъул президентги, ЮНЕСКОялъул вакилги.\n— Нижеца цогидалги пачалихъазда тӏоритӏана гьадиналго церелъеял. Дун цӏакъ разияй йиго, нижер гьариги къабул гьабун, Дагъистаналъги лъикӏаб гӏахьаллъи гьабиялдаса. Гьаб буго цогидалги улкабазда тӏобитӏизе ракӏалда бугеб проект. Махӏачхъалаялдаса рачӏарал суртал росизе руго нижеца Франциялда тӏобитӏизе бугеб выставкаялдеги. Нилъеда бихьана гьанире рачӏарал лъималазул букӏараб рохел, гьез цоцадехун бикьулеб букӏараб ургъел, гьаниб лъималаз лъай-хъвайги гьабуна.\nГьаб тадбиралда гӏахьаллъизе ахӏун рукӏана Москваялъул лъимал ругьун гьурулел школазул нухмалъулелги. Гьезги бицана жидецаго гьабулеб хӏалтӏулги, ругел ресазулги, церечӏарал масъалабазулги. Дица рикӏкӏуна данделъи анин цӏакъ пайдаяб къагӏидаялда. Нижеца церелъурал масъалаби тӏуразаруна», — ян бицана Стефани Гаспарица.\nГьеб данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна ва кӏалъазе рахъана спилс-картаялъул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул президент Евгений Тюриков, Китаялъулгун Белоруссиялъул вакилзаби, художниказулгун бухьен гьабиялъул идараялъул председатель, жамагӏатчи Александр Путин. Гьениб кӏудияб гӏахьаллъи гьабуна Москваялда бугеб дагъистаниязул «Намус» централъул цӏалдохъабазги гьелъул директор Парсихӏат Муртазагӏалиевалъги.\nГьениб лъималал кьурдана, рикӏкӏана батӏи-батӏиял мацӏазда кучӏдул.\nВыставкаялъе лъикӏаб къимат кьуна ва батӏи-батӏиял даражабазул дипломазе мустахӏикълъана гьеб кинабго гьабизе хӏаракат бахъарал Стефани Гаспарие ва гьал мухъазул авторалъе."}
{"slug": "6144-chiikiab-rosdal-sipat-surat-tso-tso-mekhalda-makil-tsin-bikhula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6144-chiikiab-rosdal-sipat-surat-tso-tso-mekhalda-makil-tsin-bikhula", "title": "Чӏикӏаб росдал сипат-сурат цо-цо мехалда макьилъцин бихьула", "date": "2019-11-01 17:59:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нижер букӏана кӏиго росу: Басрияб Чӏикӏаб ва Цӏияб Чӏикӏаб. Басрияб Чӏикӏаб букӏана Сулахъ гӏурул квегӏаб рахъалда, Цӏияб Чӏикӏаб — Сулахъ гӏурул кваранаб рахъалда. Чӏикӏасез гьелда абулаан Авлахъ росуйин.\nНижер хъизамалъ гӏумру гьабулеб букӏана Басрияб Чӏикӏаб. Дир эмен, Гӏусманил Хӏажи, вукӏана кверда махщел бугев чи. Гьабулаан къебелъигун цӏулал устарлъи, къачӏалаан чӏунтарал гьабал. Дир инсул умумулги рукӏун руго гьединалго махщел бугел чагӏи. Инсул имгӏал Хӏамзатил Авлахъ росулъ букӏана мина. Гьелъул азбаралъусан бихьулаан Сулахъ гӏурул хехаб чвахиги, рукӏана Басрияб Чӏикӏаб росдал гӏор бахун дорехун рукӏарал балагьарал гӏажаиблъизарулел мокьрол, цӏолбол ва цӏулакьодул ахалги.\nДир инсул имгӏалзабазул букӏун буго 9 гьобо. Гьел хӏалтӏулаан сентябрь моцӏалдаса бахъараб май моцӏалде щвезегӏан. Хутӏараб заманалда, гӏорги щун, гьел лъелъ тӏерхьунаан. Рагъул заманалда гӏоралъ босун бачӏунаан билбагӏараб гӏеч. Гӏурул кӏиябго рагӏал цӏун букӏунаан гӏечул. Ниж, гӏисинал лъимал, унаан гъираялда гьеб бакӏаризе. Гӏеч гуребги, чӏалабиги рачӏунаан гӏоралъ росун. Лъеца рагӏалде рехарал чӏалаби гӏадамаз жидеего росулаан.\nДир инсул имгӏал Хӏажияв, кулаклъунги гьавун, Сибиралде витӏана. Туснахъалда каранзул унтиги ккун, рокъове виччан вачӏана ва мехго балелде хвана 1942 соналда. Вац Сибиралде витӏараб мехалъ, гьесул вац Хӏамзатги, гӏемераб мехалъ вахча-хъван, Казбек районалда вукӏана.\nБасрияб Чӏикӏаб росдал колхозалде дандеккун, Цӏияб Чӏикӏаб (Авлахъ росдал) колхоз бечедаб букӏана, щайгурелъул захӏматкъоязухъ кьолаан ролъ, цӏоросаролъ, хӏан, гьан ва цогидабги. Цӏияб Чӏикӏаб букӏун батилин ккола 150-160 цӏараки. Росу букӏана битӏараб бакӏалда. Щивав чиясул рукъалда аскӏоб букӏана ах (бахча). Росдада аскӏорго рукӏана колхозалъул ахалги. Ахал лъалъазеги гьекъезе лъиналъеги бахъун букӏана лъим, кӏиго трубаги лъун. Лъим бахъун букӏана Басрияб Чӏикӏаб букӏараб Ахъсу лъаралдасан, Сулахъ гӏоралда тӏасан чӏедерабго маххул кьоги лъун, 1937 соналда.\nАвлахъ росулъ колхозалъул председательлъун гӏемерал соназ хӏалтӏулев вукӏана Агъаев Юсупдибир. Гьев вукӏана хӏалтӏи лъалев чи. Росдал колхозги, щибаб соналъ хӏатӏухъабазе захӏматкъоязухъ доход кьолеб букӏиналъ, цебетӏураблъун рикӏкӏунаан.\n1941 соналъул сентябрь моцӏалда Юсупдибирица дир эмен Хӏажи, жиндихъегоги ахӏун, гьарун буго, мун гӏадинав махщел бугев чи къваригӏун вугин, колхозалде лъугьайилан. Эмен разилъун вуго ва нижги Цӏияб Чӏикӏаре гочана. Инсуца колхозалъе гьабулаан къебелъи, гьарулаан гьакибурдул, гьакал. Кватӏичӏого колхозалъ нижее кьуна гӏакаги.\nИсана апрель моцӏалда 75 сон тӏубала ниж чачаналъе гочинаруралдаса. 1944 соналъул март моцӏалда росулъе вачӏана Буйнакск районалъул тӏоцевесев секретарь ва Басрияб Чӏикӏаса советалъул председатель (кӏиябго росдал совет цо букӏана). Бицана хабар, партиялъул хӏукмуялда рекъон, ниж бечедаб бакӏалде гочинарулел ругин. Гьелда гӏадамал разилъичӏо, киназго инкар гьабуна. Нахъеги кӏиго анкьидаса вачӏана гъовго тӏоцевесев секретарь, гьабуна доклад, нуж бокьун ани, нужее хӏукуматалъул кумекги букӏине бугин, разилъичӏони — чачанал гӏадин, хӏалица ритӏизе ругин. Жамагӏат кӏи бикьана. Разилъичӏониги росулъа гочине ккана гьанжесеб Ножай-Юрт районалъул Гъалайтӏа росулъе.\n1944 соналъул 12 апрелалда нижер рукъалъул кӏалтӏа чӏана кӏиго гьоко: цояб нижее, цояб мадугьаласе. Цо гьакида лъезе кӏвараб къайиги босун, ниж Буйнакскалъул вокзалалде щвана. Гьениб бана лъабго къо. Хадуб къайи баччулеб поездалдаги рекӏун, щвана Хасавюрталде. Гьениб бана 8 къо, машинабазул ирга щвезегӏан. Дунял букӏана квачараб, тӏаса накӏкӏ босичӏого ралел цӏадалги рукӏана. Гьедин ниж рукӏаго, талихӏалъ, ниж цӏехон вачӏана Хасавюрталда гӏумру гьабун вукӏарав умумузулго гьобол, мунагьал чураяв Цӏобокьа Махӏатӏ. Гьес ниж рокъоре рачана. Гьесул рокъоб анкьго къо бана. Ахир-къадги «Студебекер» машинаялда къайиги лъун, ниж Гъалайтӏа росулъе щвана. Нижее щвараб рукъ букӏана цӏи бараб, нуцӏби-гордал гьечӏеб. Хъата-масан ралагьана инсуца басриял нуцӏби-гордал, заманалдасан цӏиял лъуна. Лъим босулаан Ахъайсу лъарахъа. Гьеб букӏана хӏабургъараб, къоялъ тӏокӏкӏинегӏанги тун, гьекъолаан. Гьеб лъедалъун унтаралги гӏемерлъана. Гьеб мехалъ колхозалъул председательлъун вукӏана мунагьал чураяв Мухӏамадгӏалиев Гӏумар. Кватӏичӏого гьев районалде вачана.\nИнсуца бицунаан жив райкомалде ахӏанин ва тӏоцевесев секретарас (гьев вукӏанин ккола Мачиев) абунин, нижеда мун Цӏияб Чӏикӏаб колхозалъул председательлъун тӏамизе ракӏалда бугин. Инсуца абун буго жинда дагьабго къадаралда гурони хъвай-хъвагӏай лъаларин. Гьесдаги абун буго мун гурони гьеб хӏалтӏи тӏадкъазе чи гьечӏин.\nПалхӏасил, гӏуцӏана 4 бригада. Дагьабго бакӏалда чачаназ бекьун батараб ролъ ралел цӏадаз лъилъизе толеб букӏинчӏо. Колхозалъул заместительлъун тӏамуна Дадаев Салман (Махӏачхъалаялъул мэрасул инсул эбелалъул эмен). Салман вукӏана ракӏбацӏцӏадав, тӏадкъараб иш тӏубазабулев инсан. Гьесул вас Салманов Гъазимухӏамадица лъугӏизабуна ДГУялъул историялъул факультет, тӏамуна Махӏачхъала шагьаралъул горкомкомсомалъул секретарьлъун, хӏалтӏана политехникияб институталда. Цӏунана диссертация, вахъана тарихиял гӏелмабазул кандидатлъун. Гьев ккола Чӏикӏаб росулъа тӏоцеве вахъарав гӏелмабазул кандидат.\nЭмен, хъахӏлъи барабго, хурзабахъе сверизе унаан. Гьесда ратун руго 4 чӏужугӏадан лъилъараб хуриса ролъул тӏор бищулел. Гьел хӏинкъун лъугьун руго. Хӏажица абун буго: «Нуж хӏинкъуге, сагӏат микьго тӏубазегӏан щвараб жоги босун, бригадир вачӏиналде рокъоре а», — ян. (Гьел руччабазул цояй гьабсагӏатги Буйнакскалда йиго).\nНижер хъизам Чачаналъа гочана Буйнакск шагьаралде. Чачаналъа гочулаго ва гочун хадуб бихьараб гӏакъубаялъухъ, ккараб заралалъухъ рецӏел кьечӏо. Диналъулги бечелъиялъулги рахъалъ цӏар рагӏараб Басрияб Чӏикӏаб росу ралъдал тӏиналда хутӏана. Гьитӏинаб мехалда дир гӏумру араб Басрияб Чӏикӏаб росдал сипат-сурат гьабсагӏатги цебечӏун буго. Цо-цо мехалъ макьилъцин бихьула росу."}
{"slug": "6145-milliyab-basma-90-abilel-sonazda-bukiarab-k-adruyalde-va-mashgurl-iyalde-tiadbussinabize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6145-milliyab-basma-90-abilel-sonazda-bukiarab-k-adruyalde-va-mashgurl-iyalde-tiadbussinabize-kkola", "title": "«Миллияб басма 90-абилел соназда букӏараб къадруялде ва машгьурлъиялде тӏадбуссинабизе ккола»", "date": "2019-11-01 18:24:45", "categories": ["barkiyal"], "text": "Халкъазда гьоркьосеб Шамил имамасул цӏаралда бугеб культуриябгун тарихияб фондалъ ракӏ-ракӏалъ баркула «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазда ва газета цӏалулезда жиндирго хӏалтӏиги лъалев, бажари-гьунарги бугев, магӏарулазда гьоркьовги машгьурав журналист Гӏумахан Гӏумаханов газеталъул бетӏерав редакторлъун тей.\nМагӏарул цӏалдолел рохизаризе жанги, жигарги, тавпикъ-икъабалги кьеги гьесие ва гьесул нухмалъиялда гъоркь тӏолабго коллективалъе.\nФондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаев\n***\n«Хӏакъикъат» газеталъул нухмалъиялъулъ ккарал хиса-басиял лъикӏалъе ратаги ва лъикӏлъиялъул бутӏа щивав цӏалдохъанасе гьарзаго щвейги буго нилъер мурад.\n«Хӏакъикъат» буго магӏарулазе цӏи-цӏияб хабарги босун бачӏунеб чапар. Информация чара гьечӏого хӏажатаб ишлъун букӏиналъ инсанасе хиралъана газеталъул хъулухъги. Цоцазе гӏакълаби кьезе, сверухъ кколеб-толелъул хӏисаб-суал гьабизе, лъикӏабги квешабги батӏа бахъизе лъазе малъулеб казият камун нилъ хутӏугеги. Гьединлъидал, гьеб букӏинеги ккола щибаб гӏелалъ цоцахъе мадиро гьабун кьураб ишлъун: ригь араз — цӏияб гӏелалъухъе.\nДица гьелъул ва инсанасул гӏакълу-къасдалъе пайдаял рахъазул пикрабаз борца-къотӏана гӏемерал рахъал. Гьелъие гӏиллалъунги букӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Камалов Гӏали нахъе индал, гьесул бакӏалде, ай гьабсагӏаталда редакторасул ишал тӏуралевлъун Гӏумахан Гӏумаханов (Гӏандийский) танилан рагӏи.\nАра-таралъухъ ва хӏалтӏулъ бихьизабураб хӏаракатчилъиялъухъ ракӏ-ракӏалъулаб баркалаги Гӏалие кьун, Гӏумаханиеги гьарула икъбал. Дида цевегоялдаса нахъе лъала махщел камилав журналист, гӏаданлъи бугев инсан Гӏумахан. Гьесул гьунаргун хӏаракатги бихьана «Сабаб» журналалда, «Хӏакъикъат» газеталда, Болъихъ районалъул газеталъул бетӏерав редакторлъун хӏалтӏулеб заманалдаги. Дица тӏадегӏанаб къимат кьола гьесул шигӏруялъулаб ва журналистикаялъулаб гьунаралъе.\nМагӏна гъваридаб, хъвале-толелъулъ унго-унголъунги миллияб адабият ва маданият хӏалтӏизабизе лъай, тӏадегӏанаб махщелгун къалмикьа арабщиналъе цо хасаб магӏна-гӏиналъул куц бати, — гьесие хасиятаб нух букӏуна. Гьединлъидал дун божарав вуго «Хӏакъикъат» магӏарулазе жеги хирияблъун лъугьине букӏиналда. Гьелъул гьурмазда магӏарул махӏги-яхӏги, гӏаданлъи-намусги, иманги-исламги камилго загьирлъиялда ракӏчӏараб букӏиналда дир кигӏан дагьабниги щаклъи гьечӏо.\nБаркула, гьитӏинав вац, магӏарулаз дуде гьабураб божилъи. «Хӏакъикъаталъул» байрахъ борхатго кквезе дуе сахлъиги бажариги кьеги Бетӏергьанас.\nХӏайбула Гӏабдулгъапуров\n***\n«Баркула-баркуларо» абураб калима буго магӏарулазул, цо иш лъикӏищ ккелеб, квешищ ккелебали лъаларого ругеб мехалда абулеб.\nГьеб ракӏалде бачӏана дидаги Гӏумахан Гӏумаханов нилъер магӏарул казияталъул удаманлъун тӏамунин абураб хӏукму министрас цӏалараб мехалда. Баркула гьеб жавабияб ва захӏматаб хӏалтӏуда ишги лъалев, лъайги бугев, творчествоги бичӏчӏулев къалмил агьлуялъул чи, пасихӏав рагӏул устар, гӏужилав сатирик тӏамун вукӏиналъ.\nБаркуларо, гурхӏула тӏаде ккараб гьир бихьун, гӏадамазул газеталдехун гьечӏеб бербалагьи бихьун, гьеб цӏализе тӏамизе гӏураб пикруялъулги, гьунаралъулги, хъвай-хъвагӏаялъулги чагӏаз цебего казияталъулгун къо-лъикӏ гьабунги букӏун. Магӏарул миллаталъулги газеталъулги цебего бухьен тӏун букӏун, киналго диналъул вацал социалиял гьиназ, диналъул яцал — ватцапалъул гудраз ккун рукӏун. Гьел дагьабниги пикруги, гӏакълуги, асарги бугеб хъвай-хъвагӏай цӏализе тӏами жакъа цӏакъ захӏматаб ишги буго. Гьелъие гъеж гуризе ккола тӏоцебе дуцаги, хадур цӏазе ккола хутӏарал, дагьабниги пикру ва гьунар бугелщинал гӏадамалги.\nТӏадбуссинабизе ккола нилъер миллияб басма 90-абилел соназда букӏараб къадруялде ва машгьурлъиялде. Гӏали Камаловас газета хӏабургъарал 90-абилел соназда гьунар бугел гӏолохъабазе бакӏги кьун гӏезеги гьабуна, хадуб гьелго гӏолохъабазулгун рагъ бан, тӏалаб гьабичӏого, гъорлъе рачинчӏого хвезеги гьабуна. Кин батаниги, нилъеца гьесие баркала кьела компартиялъул догмабаздаса газета хвасар гьабиялъухъги, тӏаса лъугьун тела хадусел гъалатӏалги.\nГӏайиб камурав чи вукӏунареблъиги хӏисабалде босун. Дирго рахъалдаса гъалатӏ ккараб, адаб тараб жо букӏун батани, ракӏ-ракӏалъ тӏаса лъугьаянги гьарула Гӏали Камаловасда. Гьарула цӏияв редакторасе къалмие бегӏерлъи, пикруялъе гъварилъи, каламалъе пасихӏлъи, кидаго цебехун тарихалдаго букӏараб магӏарул газеталъул къадру ва цӏар борхизабизе къуватги гьунарги.\nРеспубликаялъул художествиябгун публицистияб «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиев."}
{"slug": "6146-tsiiyal-pikrabigun-tsiiyal-ishalgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6146-tsiiyal-pikrabigun-tsiiyal-ishalgun", "title": "Цӏиял пикрабигун, цӏиял ишалгун", "date": "2019-11-01 19:00:37", "categories": ["barkiyal"], "text": "31 октябралда «Хӏакъикъат» газеталда тӏобитӏараб дандеруссиналда гӏахьаллъана ДРялъул информатизациялъул, бухьеналъул, массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирев, промышленносталъул ва энергетикалъул министр Сайгидпаша Гӏумаханов, финансазул министр Юнус Сагӏадуев, республикаялъул миллиял газетазул редакторзаби.\nГьел данделъиялъе гӏиллаги букӏана «Хӏакъикъат» газеталъул редакторасул ишал тӏуралевлъун тӏамурав Гӏумахан Гӏумахановасда хъулухъ барки ва жакъа миллияб прессаялъул бугеб ахӏвал-хӏал загьир гьаби.\nГьениб Сергей Снегиревас бицана миллияб пресса цебетӏеялъе, газеталгун журналал заманалда гӏадамазухъе щвеялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановасги бицана редакциялъул хӏалтӏул, гьаризе ругел ишазул. Амма миллияб газета цӏунун хутӏиялъе ва гьеб цебетӏеялъе цадахъ рекъон хӏалтӏизе кколинги абуна гьес.\nСайгидпаша Гӏумахановас жиндирго кӏалъаялда кӏвар кьуна миллиял газетал цӏуниялъе квербакъизе ккеялде.\nЮнус Сагӏадуевас абуна финансазул министрство хӏадурго бугин СМИязул материалиябгун техникияб рахъ лъикӏлъизабиялъе бажарараб кумек гьабизе.\nГьединго дандчӏваялда гӏахьаллъана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов, Халкъаздагьоркьосеб Шамил имамасул цӏаралда бугеб фондалъул председатель Гӏалиасхӏаб Хархачаев ва цогидалги. Дандеруссиналъул ахиралда Гӏумахан Гӏумахановас гьалбадерие баркала загьир гьабуна ва абуна газета магӏарулазе бокьулеблъун лъугьинабизе кӏвараб хӏаракат бахъизе бугилан.\nДандчӏваялъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицине буго хадусеб номералда."}
{"slug": "6147-tsiiyal-pikrabigun-tsiiyal-ishalgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6147-tsiiyal-pikrabigun-tsiiyal-ishalgun", "title": "Цӏиял пикрабигун, цӏиял ишалгун", "date": "2019-11-01 19:00:37", "categories": ["barkiyal"], "text": "31 октябралда «Хӏакъикъат» газеталда тӏобитӏараб дандеруссиналда гӏахьаллъана ДРялъул информатизациялъул, бухьеналъул, массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирев, промышленносталъул ва энергетикалъул министр Сайгидпаша Гӏумаханов, финансазул министр Юнус Сагӏадуев, республикаялъул миллиял газетазул редакторзаби.\nГьел данделъиялъе гӏиллаги букӏана «Хӏакъикъат» газеталъул редакторасул ишал тӏуралевлъун тӏамурав Гӏумахан Гӏумахановасда хъулухъ барки ва жакъа миллияб прессаялъул бугеб ахӏвал-хӏал загьир гьаби.\nГьениб Сергей Снегиревас бицана миллияб пресса цебетӏеялъе, газеталгун журналал заманалда гӏадамазухъе щвеялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановасги бицана редакциялъул хӏалтӏул, гьаризе ругел ишазул. Амма миллияб газета цӏунун хутӏиялъе ва гьеб цебетӏеялъе цадахъ рекъон хӏалтӏизе кколинги абуна гьес.\nСайгидпаша Гӏумахановас жиндирго кӏалъаялда кӏвар кьуна миллиял газетал цӏуниялъе квербакъизе ккеялде.\nЮнус Сагӏадуевас абуна финансазул министрство хӏадурго бугин СМИязул материалиябгун техникияб рахъ лъикӏлъизабиялъе бажарараб кумек гьабизе.\nГьединго дандчӏваялда гӏахьаллъана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов, Халкъаздагьоркьосеб Шамил имамасул цӏаралда бугеб фондалъул председатель Гӏалиасхӏаб Хархачаев ва цогидалги. Дандеруссиналъул ахиралда Гӏумахан Гӏумахановас гьалбадерие баркала загьир гьабуна ва абуна газета магӏарулазе бокьулеблъун лъугьинабизе кӏвараб хӏаракат бахъизе бугилан.\nДандчӏваялъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицине буго хадусеб номералда."}
{"slug": "6162-rokhosa-mukhiamad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6162-rokhosa-mukhiamad", "title": "Рохьоса Мухӏамад", "date": "2019-11-05 08:32:19", "categories": ["insan"], "text": "«Хӏалтӏухъ мухь босуларо, Аллагьасул кири бугони, гӏела дие», — ян абула гьес.\nГӏадамазе кумек гьабулел ва росдае рахъун чӏарал чагӏи дида гӏемер рихьана, гьезул хӏакъалъулъ гӏезегӏан хъвана ва газеталдаса гьезие баркала кьуна. Амма Гъарланюрт станция росулъа анкьгьунар Мухӏамадов Мухӏамадица росуцоязе гьабулеб кумекги, жамагӏаталъе сайгъаталъе гьес гьарурал гӏемерал хӏалтӏабиги рихьидал, дун цӏакъ гӏажаиблъана. Гьев лъикӏав чиясдаса цогидазги мисал босизе бегьулин абураб пикруялъ, газеталдасан гьесул хӏакъалъул магӏарулазда бицине ният гьабуна дица.\nМухӏамадил тухум ккола Казбек районалъул Буртунай росулъа, амма гьев гьавуна ва гӏуна Хасавюрт районалъул Гъарланюрт станция росулъ.\nГьесие гьитӏинго бокьулаан суратал рахъизе, бокьун букӏана ралел бакӏазул инженерлъун цӏализе, амма, инсул гӏарцул хӏал гӏечӏоялъ, гьеб аниш хӏорго хутӏана. Гьес Новочеркасск шагьаралда бергьенлъиялда лъугӏизабуна мелиоративияб институт (1982), хӏалтӏана Хасавюрт районалъул «Мелиорацияводалъул» инженерлъун.\nГъарланюрт росда аскӏоб рохьоб бугеб гьелъул филиал «Делитель-водораздел «Юзбаш-Кушбар» каналалъул шлюзалда хӏалтӏулев вукӏана Мухӏамадил эмен-Гӏумахъан, гьединлъидал киназго гьеб филиалалде «Гӏумахановка» абула. Мухӏамадица инсуе гьениб кумекчилъи гьабулаан. Къого соналъ цебе, Гӏумахъание Аллагьасул къадар щвана ва васас инсул хӏалтӏи жиндего тӏаде босана. Гьалдаго цадахъ, гьавугьинан хӏалтӏун, гьес бачуна, гьес абухъе: «дие цӏакъ бокьулеб, къватӏибе цӏутӏун, лъикӏ бихьулеб (рельефная) архитектураялъулаб творчествоялъулаб хӏалтӏиги».\nАллагьасе гӏолоян абун, росдаеги гӏадамазеги гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏаби гьаризе байбихьиялъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Мухӏамадица бицана: «Гъарланюрт къотӏун унеб маххул нух бугеб бакӏалда, гӏадамал цӏад-бакъалдаса рахчизе ва гӏодокӏусизе автобус лъалхъулеб хасаб бакӏ букӏинчӏо. Доб бакӏалда аскӏов гӏумру гьабун вукӏана Буртиса Ахӏмазиявдин Дилеев абулев лъимал гӏемерав херав чи, лъикӏав къадахъан, гӏадамаз гьесде «гамачӏ даци» абулаан. Гьесул гӏадат букӏана росулъ мина балев щивав чиясе гвавулъе ун, кӏиго къоялъ чӏового хӏалтӏулеб.\nЦо нухалъ гьес дида абуна, дуца къваригӏунел сурсатал чӏезабуни, жинца автобусазул остановка балин. Дица хӏажатаб жо чӏезабуна ва Ахӏмазиявдиница гӏадамазе санагӏатаб остановка бана. Аллагь разилъиялъе дос гьабулеб хӏалтӏи дида цӏакъ берцин бихьана ва гьелдаса нахъе дицаги байбихьана киридахъ хӏалтӏизе»,-ян.\nМухӏамад ккола, живго жиндаго чӏун цӏалун, лъай, гьунар ва махшел щварав чи. Гьесул скульптор-архитекторлъиялъулаб хӏалтӏиги буго, гьес абухъе, ракӏгъеялъе гъираялда гьабулеб, бокьулеб хӏалтӏи (хобби). Гьесул гьарурал хӏалтӏаби рихьарал скульптораз ва архитектораз гӏажаиблъи гьабула ва Мухӏамадовасул махшелалъе кӏудияб къимат кьола.\nРосдае гьес гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ халатаб буго. Гьездасан цо-цоял рехсела: Кӏалда кӏудияб аркаги эхетун, гьелда тӏад берцинаб хъвай-хъвайги гьабун, свертӏа-сверун балясиналги лъун, кибго гьечӏеб къагӏидаялда къачӏан, росдал гӏолилазе сайгъаталъе бараб стадион, школалде ва мажгиталде ине санагӏатаб куцалда бараб ва чӏухӏун къачӏараб маххул нухда тӏасан унеб кӏиго кьо, гьел рикӏкӏинчӏого, гьайбатго къачӏараб жеги щуго кьо, кӏиябго рахъалъан жанире ине гӏатӏидал болъабиги, гьезда тӏад берцинал кӏамуралги ругеб гьабсагӏат балеб бугеб цоги цӏияб стадион, кибго гьечӏебгӏан берцинго къачӏараб росдал административияб минаялъул цебесеб гьумер…\nМухӏамадица росдае гьарулел хӏалтӏи рихьун, цо пуланав бечедав чияс гьесие Мерседес машина сайгъат гьабуна. Доб мехалъ гьес балеб мажгиталъул хӏалтӏи, цементги арматураги гӏоларого, чӏун хутӏулеб букӏана. Гӏемерго ургъичӏого, сайгъаталъе кьураб «Мерседесги» бичун, гьес мажгит базе хӏажатал сурсатал росана.\nЖакъа Мухӏамад хӏалтӏулев вугеб каналалъул шлюзалда аскӏоб бугеб гӏатӏидаб майданалде тӏоцеве щварав чи гӏажаиблъун-хӏикмалъун, виххун хутӏула. Гьесие лъугьуна Некӏсияб Грециялде яги Рималде щвараб гӏадаб асар. Киса-кирго чӏухӏарал колоннаби, аркаби, болъаял… Мухӏамадица гьениб гӏуцӏун бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе, видео-суратал рахъизе ва гьеб алжаналъуб хӏухьбахъизе гьанире рачӏуна, аслияб къагӏидаялда, гьоркьохъеб ресалъул гӏадамал, лъималгун улбул, хӏалтӏул коллективал… Гӏадатлъун лъугьун буго, бертадул къоялда, беспилотникги гьаваялде бахъинабун, видео ва суратал рахъине, кочӏол-кьурдул накъит гьабизе бахӏаралгун цадахъ гьенире гӏолилал ва жидерго къайи-цӏаялъул рекламаялъул роликал рахъизе тукабазул бетӏергьаби рачӏин. Гьел тадбиразе Мухӏамадица гьенир чӏезарун руго кинал бокьаниги ресал.\nГьес абуна гьитӏинго жив вукӏанила экстремал, гъотӏол бетӏерадаса кӏанцӏулаанила каналалъуве, гьединлъидал гьаниб бараб транплинги жиндиего бараб букӏанила, амма, гьеб бан бахъиналде, жиндир 60 сон тӏубанила ва гьениса гъоркье кӏанцӏизе хӏинкъана. Рухӏдаллъизе живги гьавун, гӏолилал рукӏанила гьениса гъоркье кӏанцӏизе ирга щоларого.\nМухӏамадил гӏадат буго гьабураб щибаб скульптурияб хӏалтӏуе рокьулел чагӏазул цӏар кьолеб. Масала, гьениб бугеб гьулакалъе кьун буго жиндирго хъизаналъул цӏар, рагъиялъе-инсул, кӏамуралъе-гьудулалъул, как балеб бакӏалъе-исламалда кверчӏвалел гьудулзабазул, буго «Кергу» фирмаялъул цӏар кьураб композицияги …\nГъарланюрт росдал жамагӏатчи Расулов Мухӏамадрасулица абуна, цӏакъав устар гуревги, Мухӏамад вугила хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гьунар бугев чиги. Махӏачхъалаялда маххул нухазул тӏалъиялъухъа гьес балагьанила росулъ авал мажгит базе ракь, мажгит базе изну, хӏадуранила гьелъие документация, хадуб гьенибе токги газги бачанила.\nМажгиталда гӏадамаз рарал каказул киридал гьитӏинабго бутӏа щванани, жиндие гӏунги тӏокӏ букӏинилан абула Мухӏамадица.\nГьес разиго абуна, жинца гьабулеб скульптуриябгун архитектурияб хӏалтӏи жиндие цӏакъ бокьулила, гьелъ жинда цебеккунго якъинго бихьулила байбихьараб хӏалтӏул ахиралда букӏине бугеб берцинлъи, гьелъги батилила, кигӏан хӏалтӏаниги жив свакаларев. «Гӏодоб батараб кӏудияб хазина гӏадин, Аллагьас дир хӏалбихьизе кьураб махшел-гьунаралдалъун гьабураб хӏалтӏухъ дица мухь босизе бегьилищ? Бегьиларо, гьаб хӏалтӏухъ гӏарац гитти»,-ян абуна Мухӏамадица.\nРосдае гьединал хӏалтӏаби гьарулев чиясда нахъасанги цебесанги тохаб хабар бицун, устарасул ракӏ къварид гьабулел ракӏчӏегӏерал чагӏиги камуларо. Гьелъие нугӏлъи гьабулев цо мисал бачана гьес: «Цо нухалъ стадионалда хер бецулев вукӏана дун. Аскӏове вачӏун Идрис абулев гьалмагъас абуна: «Дуца гьабулеб хӏалтӏи гӏадамазда бичӏчӏуларо, мун гӏадин, чӏового хӏалтӏулев чи киназго гӏабдаллъун рикӏкӏуна»,-ян. Дица сабуралда жаваб кьуна: «Гьаб хӏалтӏухъ дие щолеб бечелъи лъалебани, гьаб хъарицелги дихъа бахъун, дуца бецилаан гьаб стадион.\nАллагьас нилъее кьун буго гьаб гьайбатаб ракь, дидаги тӏадаб буго гьелда тӏад дагьабниги берцинлъи гьабизе»,-ян.\nМухӏамадица абуна, жинца кинабго хӏалтӏи байбихьилалда цебе росдал бетӏер Мирзалгун дандбалила. Арматура, сали, цемент босизе кумек гьабулила росдал администрациялъги ресалда ругел чагӏазги. Гьединго кумек гьабулила гьудул-гьалмагъзабаз, гӏагарлъиялъ, Кергъу ва Трансснефть компаниязул нухмалъулез.\nБалясинабазул формаби ва поясал тӏолеб захӏматаб хӏалтӏи бугеб мехалъ, кумекалъе ахӏулел руго гьудул-гьалмагъзаби.\nЖамагӏаталъе гьабулеб кинабго хӏалтӏи Мухӏамадица киридахъ гьабулеб буго. Гьесул гӏадат буго цӏиял минаби ралел чагӏазе садакъаде чӏобого 20-30 балясина кьолеб.\nТӏабигӏаталде гьесул бугеб рокьиялъул бицунеб цо мисал бачина. «Гӏумахановкаялдаса» 15-20 метраялъ рикӏкӏад бугеб Тотурбий росдал ракьалда буго кӏудияб миккил гъветӏ. Мебель гьабизе гьеб къотӏилин хӏинкъун, Мухӏамадица гьелда сверун гьабун буго балясинабазул чӏухӏараб чали.\nМухӏамадил буго захӏмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб, унго-унголъунги талихӏаб хъизам. Лъади Гӏасиятида (гьес гьелде «рукъалъул прокурор» абун цӏар лъун буго) гьес абула: «Радал лъикӏ кваназавун дун витӏана, дуеги щола дица гьабулеб хӏалтӏул гӏарцудасаги къиматаб кири»,-ян.\nМухӏамадил лъималги руго росдаеги, гӏагарлъиялъеги пайдаял чагӏи. Кӏудияв вас Тӏагьир хӏалтӏулев вуго росдал администрациялда, гьитӏинав Темур ккола шофер, яс-Зумруд-рикӏкӏуней кардиолог. Гьес мукӏурлъун абуна: «Лъималазул анлъабго лъимер кколила жиндир бакъги, моцӏги, цӏвабиги, къвалги бан, гьезда баизе щвей бугила жиндир рекӏел чӏоло битӏараб лахӏзат.\nГара-чӏвариялъул ахиралда Мухӏамадица абуна: «Унго-унголъунги талихӏав чи вихьизе бокьани, гьале дун дуда цеве. Дир буго бокьулеб хӏалтӏи, рес буго гӏадамазе кумек гьабизе, буго талихӏаб хъизам, лъикӏал лъимал, жеги лъикӏал гьезул лъимал. Санаториязде гӏадамал уна хӏухьбахъизе, бацӏцӏадаб гьаваги, гьуинаб лъимги, кибго гӏурчинлъи-берцинлъиги, хӏанчӏазул бакъналги ругеб дун хӏалтӏулеб бакӏ — «Гӏумахановка» дида алжан бугин ккола. Аллагьасда цоги жо гьаризе нечела дун.\nКокрек ва Гъарланюрт росабазул бетӏер Мирза Муртазалиевас абуна, гьаб хъулухъалде жив тӏамураб къоялдаса нахъе Мухӏамад Мухӏамадов (Рохьосев) вугила жиндир кваранаб квер. Аллагьас кьураб гӏажаибаб махшел гьес жамагӏаталъе пайдаял ишал гьариялъе хӏалтӏизабулеб бугила. Гьесул рагӏабазулъ ва каламалъулъ гьечӏила «бажаруларо», «заман гьечӏо» абурал рагӏаби. Жидер росулъ ругел киналго чӏухӏун къачӏарал бакӏал ва архитектуриял берцинлъаби Мухӏамадица гьарурал кколила. Жидер жамагӏатазул ва жиндирго рахъалъан бокьун бугила гьесие газеталдасан кӏудияб баркала кьезе. «Хӏурматияв Мухӏамад, Кокрек росдал тарихалда дуца тана гъваридаб лъалкӏ. Талихӏги, рохелги, сахлъиги кьеги дуе Аллагьас. Хъизам-лъималаздасан вохун тайги мун таманал соназ."}
{"slug": "6164-rokhosa-mukhiamad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6164-rokhosa-mukhiamad", "title": "Рохьоса Мухӏамад", "date": "2019-11-05 09:06:17", "categories": ["insan"], "text": "«Хӏалтӏухъ мухь босуларо, Аллагьасул кири бугони, гӏела дие», — ян абула гьес.\nГӏадамазе кумек гьабулел ва росдае рахъун чӏарал чагӏи дида гӏемер рихьана, гьезул хӏакъалъулъ гӏезегӏан хъвана ва газеталдаса гьезие баркала кьуна. Амма Гъарланюрт станция росулъа анкьгьунар Мухӏамадов Мухӏамадица росуцоязе гьабулеб кумекги, жамагӏаталъе сайгъаталъе гьес гьарурал гӏемерал хӏалтӏабиги рихьидал, дун цӏакъ гӏажаиблъана. Гьев лъикӏав чиясдаса цогидазги мисал босизе бегьулин абураб пикруялъ, газеталдасан гьесул хӏакъалъул магӏарулазда бицине ният гьабуна дица.\nМухӏамадил тухум ккола Казбек районалъул Буртунай росулъа, амма гьев гьавуна ва гӏуна Хасавюрт районалъул Гъарланюрт станция росулъ.\nГьесие гьитӏинго бокьулаан суратал рахъизе, бокьун букӏана ралел бакӏазул инженерлъун цӏализе, амма, инсул гӏарцул хӏал гӏечӏоялъ, гьеб аниш хӏорго хутӏана. Гьес Новочеркасск шагьаралда бергьенлъиялда лъугӏизабуна мелиоративияб институт (1982), хӏалтӏана Хасавюрт районалъул «Мелиорацияводалъул» инженерлъун.\nГъарланюрт росда аскӏоб рохьоб бугеб гьелъул филиал «Делитель-водораздел «Юзбаш-Кушбар» каналалъул шлюзалда хӏалтӏулев вукӏана Мухӏамадил эмен-Гӏумахъан, гьединлъидал киназго гьеб филиалалде «Гӏумахановка» абула. Мухӏамадица инсуе гьениб кумекчилъи гьабулаан. Къого соналъ цебе, Гӏумахъание Аллагьасул къадар щвана ва васас инсул хӏалтӏи жиндего тӏаде босана. Гьалдаго цадахъ, гьавугьинан хӏалтӏун, гьес бачуна, гьес абухъе: «дие цӏакъ бокьулеб, къватӏибе цӏутӏун, лъикӏ бихьулеб (рельефная) архитектураялъулаб творчествоялъулаб хӏалтӏиги».\nАллагьасе гӏолоян абун, росдаеги гӏадамазеги гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏаби гьаризе байбихьиялъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Мухӏамадица бицана: «Гъарланюрт къотӏун унеб маххул нух бугеб бакӏалда, гӏадамал цӏад-бакъалдаса рахчизе ва гӏодокӏусизе автобус лъалхъулеб хасаб бакӏ букӏинчӏо. Доб бакӏалда аскӏов гӏумру гьабун вукӏана Буртиса Ахӏмазиявдин Дилеев абулев лъимал гӏемерав херав чи, лъикӏав къадахъан, гӏадамаз гьесде «гамачӏ даци» абулаан. Гьесул гӏадат букӏана росулъ мина балев щивав чиясе гвавулъе ун, кӏиго къоялъ чӏового хӏалтӏулеб.\nМухӏамадица росдае гьарулел хӏалтӏи рихьун, цо пуланав бечедав чияс гьесие Мерседес машина сайгъат гьабуна. Доб мехалъ гьес балеб мажгиталъул хӏалтӏи, цементги арматураги гӏоларого, чӏун хутӏулеб букӏана. Гӏемерго ургъичӏого, сайгъаталъе кьураб «Мерседесги» бичун, гьес мажгит базе хӏажатал сурсатал росана. Жакъа Мухӏамад хӏалтӏулев вугеб каналалъул шлюзалда аскӏоб бугеб гӏатӏидаб майданалде тӏоцеве щварав чи гӏажаиблъун-хӏикмалъун, виххун хутӏула. Гьесие лъугьуна Некӏсияб Грециялде яги Рималде щвараб гӏадаб асар. Киса-кирго чӏухӏарал колоннаби, аркаби, болъаби…\nЦо нухалъ гьес дида абуна, дуца къваригӏунел сурсатал чӏезабуни, жинца автобусазул остановка балин. Дица хӏажатаб жо чӏезабуна ва Ахӏмазиявдиница гӏадамазе санагӏатаб остановка бана. Аллагь разилъиялъе дос гьабулеб хӏалтӏи дида цӏакъ берцин бихьана ва гьелдаса нахъе дицаги байбихьана киридахъ хӏалтӏизе»,-ян.\nМухӏамад ккола, живго жиндаго чӏун цӏалун, лъай, гьунар ва махшел щварав чи. Гьесул скульптор-архитекторлъиялъулаб хӏалтӏиги буго, гьес абухъе, ракӏгъеялъе гъираялда гьабулеб, бокьулеб хӏалтӏи (хобби). Гьесул гьарурал хӏалтӏаби рихьарал скульптораз ва архитектораз гӏажаиблъи гьабула ва Мухӏамадовасул махшелалъе кӏудияб къимат кьола.\nРосдае гьес гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ халатаб буго. Гьездасан цо-цоял рехсела: Кӏалда кӏудияб аркаги эхетун, гьелда тӏад берцинаб хъвай-хъвайги гьабун, свертӏа-сверун балясиналги лъун, кибго гьечӏеб къагӏидаялда къачӏан, росдал гӏолилазе сайгъаталъе бараб стадион, школалде ва мажгиталде ине санагӏатаб куцалда бараб ва чӏухӏун къачӏараб маххул нухда тӏасан унеб кӏиго кьо, гьел рикӏкӏинчӏого, гьайбатго къачӏараб жеги щуго кьо, кӏиябго рахъалъан жанире ине гӏатӏидал болъабиги, гьезда тӏад берцинал кӏамуралги ругеб гьабсагӏат балеб бугеб цоги цӏияб стадион, кибго гьечӏебгӏан берцинго къачӏараб росдал административияб минаялъул цебесеб гьумер…\nМухӏамадица росдае гьарулел хӏалтӏи рихьун, цо пуланав бечедав чияс гьесие Мерседес машина сайгъат гьабуна. Доб мехалъ гьес балеб мажгиталъул хӏалтӏи, цементги арматураги гӏоларого, чӏун хутӏулеб букӏана. Гӏемерго ургъичӏого, сайгъаталъе кьураб «Мерседесги» бичун, гьес мажгит базе хӏажатал сурсатал росана. Жакъа Мухӏамад хӏалтӏулев вугеб каналалъул шлюзалда аскӏоб бугеб гӏатӏидаб майданалде тӏоцеве щварав чи гӏажаиблъун-хӏикмалъун, виххун хутӏула. Гьесие лъугьуна Некӏсияб Грециялде яги Рималде щвараб гӏадаб асар. Киса-кирго чӏухӏарал колоннаби, аркаби, болъаби…\nМухӏамадица гьениб гӏуцӏун бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе, видео-суратал рахъизе ва гьеб алжаналъуб хӏухьбахъизе гьанире рачӏуна, аслияб къагӏидаялда, гьоркьохъеб ресалъул гӏадамал, лъималгун улбул, хӏалтӏул коллективал… Гӏадатлъун лъугьун буго, бертадул къоялда, беспилотникги гьаваялде бахъинабун, видео ва суратал рахъине, кочӏол-кьурдул накъит гьабизе бахӏаралгун цадахъ гьенире гӏолилал ва жидерго къайи-цӏаялъул рекламаялъул роликал рахъизе тукабазул бетӏергьаби рачӏин. Гьел тадбиразе Мухӏамадица гьенир чӏезарун руго кинал бокьаниги ресал.\nГьес абуна гьитӏинго жив вукӏанила экстремал, гъотӏол бетӏерадаса кӏанцӏулаанила каналалъуве, гьединлъидал гьаниб бараб транплинги жиндиего бараб букӏанила, амма, гьеб бан бахъиналде, жиндир 60 сон тӏубанила ва гьениса гъоркье кӏанцӏизе хӏинкъана. Рухӏдаллъизе живги гьавун, гӏолилал рукӏанила гьениса гъоркье кӏанцӏизе ирга щоларого.\nМухӏамадил гӏадат буго гьабураб щибаб скульптурияб хӏалтӏуе рокьулел чагӏазул цӏар кьолеб. Масала, гьениб бугеб гьулакалъе кьун буго жиндирго хъизаналъул цӏар, рагъиялъе-инсул, кӏамуралъе-гьудулалъул, как балеб бакӏалъе-исламалда кверчӏвалел гьудулзабазул, буго «Кергу» фирмаялъул цӏар кьураб композицияги …\nГъарланюрт росдал жамагӏатчи Расулов Мухӏамадрасулица абуна, цӏакъав устар гуревги, Мухӏамад вугила хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гьунар бугев чиги. Махӏачхъалаялда маххул нухазул тӏалъиялъухъа гьес балагьанила росулъ авал мажгит базе ракь, мажгит базе изну, хӏадуранила гьелъие документация, хадуб гьенибе токги газги бачанила.\nМажгиталда гӏадамаз рарал каказул киридал гьитӏинабго бутӏа щванани, жиндие гӏунги тӏокӏ букӏинилан абула Мухӏамадица.\nГьес разиго абуна, жинца гьабулеб скульптуриябгун архитектурияб хӏалтӏи жиндие цӏакъ бокьулила, гьелъ жинда цебеккунго якъинго бихьулила байбихьараб хӏалтӏул ахиралда букӏине бугеб берцинлъи, гьелъги батилила, кигӏан хӏалтӏаниги жив свакаларев. «Гӏодоб батараб кӏудияб хазина гӏадин, Аллагьас дир хӏалбихьизе кьураб махшел-гьунаралдалъун гьабураб хӏалтӏухъ дица мухь босизе бегьилищ? Бегьиларо, гьаб хӏалтӏухъ гӏарац гитти»,-ян абуна Мухӏамадица.\nГьесул гӏадат буго цӏиял минаби ралел чагӏазе садакъаде чӏобого 20-30 балясина кьолеб.\nРосдае гьединал хӏалтӏаби гьарулев чиясда нахъасанги цебесанги тохаб хабар бицун, устарасул ракӏ къварид гьабулел ракӏчӏегӏерал чагӏиги камуларо. Гьелъие нугӏлъи гьабулев цо мисал бачана гьес: «Цо нухалъ стадионалда хер бецулев вукӏана дун. Аскӏове вачӏун Идрис абулев гьалмагъас абуна: «Дуца гьабулеб хӏалтӏи гӏадамазда бичӏчӏуларо, мун гӏадин, чӏового хӏалтӏулев чи киназго гӏабдаллъун рикӏкӏуна»,-ян. Дица сабуралда жаваб кьуна: «Гьаб хӏалтӏухъ дие щолеб бечелъи лъалебани, гьаб хъарицелги дихъа бахъун, дуца бецилаан гьаб стадион.\nАллагьас нилъее кьун буго гьаб гьайбатаб ракь, дидаги тӏадаб буго гьелда тӏад дагьабниги берцинлъи гьабизе»,-ян.\nМухӏамадица абуна, жинца кинабго хӏалтӏи байбихьилалда цебе росдал бетӏер Мирзалгун дандбалила. Арматура, сали, цемент босизе кумек гьабулила росдал администрациялъги ресалда ругел чагӏазги. Гьединго кумек гьабулила гьудул-гьалмагъзабаз, гӏагарлъиялъ, Кергъу ва Трансснефть компаниязул нухмалъулез.\nБалясинабазул формаби ва поясал тӏолеб захӏматаб хӏалтӏи бугеб мехалъ, кумекалъе ахӏулел руго гьудул-гьалмагъзаби.\nЛъади Гӏасиятида (гьес гьелде «рукъалъул прокурор» абун цӏар лъун буго) гьес абула: «Радал лъикӏ кваназавун дун витӏана, дуеги щола дица гьабулеб хӏалтӏул гӏарцудасаги къиматаб кири»,-ян.\nЖамагӏаталъе гьабулеб кинабго хӏалтӏи Мухӏамадица киридахъ гьабулеб буго. Гьесул гӏадат буго цӏиял минаби ралел чагӏазе садакъаде чӏобого 20-30 балясина кьолеб.\nТӏабигӏаталде гьесул бугеб рокьиялъул бицунеб цо мисал бачина. «Гӏумахановкаялдаса» 15-20 метраялъ рикӏкӏад бугеб Тотурбий росдал ракьалда буго кӏудияб миккил гъветӏ. Мебель гьабизе гьеб къотӏилин хӏинкъун, Мухӏамадица гьелда сверун гьабун буго балясинабазул чӏухӏараб чали.\nМухӏамадил буго захӏмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб, унго-унголъунги талихӏаб хъизам. Лъади Гӏасиятида (гьес гьелде «рукъалъул прокурор» абун цӏар лъун буго) гьес абула: «Радал лъикӏ кваназавун дун витӏана, дуеги щола дица гьабулеб хӏалтӏул гӏарцудасаги къиматаб кири»,-ян.\nМухӏамадил лъималги руго росдаеги, гӏагарлъиялъеги пайдаял чагӏи. Кӏудияв вас Тӏагьир хӏалтӏулев вуго росдал администрациялда, гьитӏинав Темур ккола шофер, яс-Зумруд-рикӏкӏуней кардиолог. Гьес мукӏурлъун абуна: «Лъималазул анлъабго лъимер кколила жиндир бакъги, моцӏги, цӏвабиги, къвалги бан, гьезда баизе щвей бугила жиндир рекӏел чӏоло битӏараб лахӏзат.\nГара-чӏвариялъул ахиралда Мухӏамадица абуна: «Унго-унголъунги талихӏав чи вихьизе бокьани, гьале дун дуда цеве. Дир буго бокьулеб хӏалтӏи, рес буго гӏадамазе кумек гьабизе, буго талихӏаб хъизам, лъикӏал лъимал, жеги лъикӏал гьезул лъимал. Санаториязде гӏадамал уна хӏухьбахъизе, бацӏцӏадаб гьаваги, гьуинаб лъимги, кибго гӏурчинлъи-берцинлъиги, хӏанчӏазул бакъналги ругеб дун хӏалтӏулеб бакӏ — «Гӏумахановка» дида алжан бугин ккола. Аллагьасда цоги жо гьаризе нечела дун.\nКокрек ва Гъарланюрт росабазул бетӏер Мирза Муртазалиевас абуна, гьаб хъулухъалде жив тӏамураб къоялдаса нахъе Мухӏамад Мухӏамадов (Рохьосев) вугила жиндир кваранаб квер. Аллагьас кьураб гӏажаибаб махшел гьес жамагӏаталъе пайдаял ишал гьариялъе хӏалтӏизабулеб бугила. Гьесул рагӏабазулъ ва каламалъулъ гьечӏила «бажаруларо», «заман гьечӏо» абурал рагӏаби. Жидер росулъ ругел киналго чӏухӏун къачӏарал бакӏал ва архитектуриял берцинлъаби Мухӏамадица гьарурал кколила. Жидер жамагӏатазул ва жиндирго рахъалъан бокьун бугила гьесие газеталдасан кӏудияб баркала кьезе. «Хӏурматияв Мухӏамад, Кокрек росдал тарихалда дуца тана гъваридаб лъалкӏ. Талихӏги, рохелги, сахлъиги кьеги дуе Аллагьас. Хъизам-лъималаздасан вохун тайги мун таманал соназ."}
{"slug": "6210-emengi-pomidoralgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6210-emengi-pomidoralgi", "title": "Эменги помидоралги", "date": "2019-11-08 12:59:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "— Араб гӏасруялъул кӏикъоабилел сонал рукӏана. Хӏалтӏизе лъалел ва бажарулел чагӏи гьечӏолъиялда бан, дун, анлъабилеб классалъул цӏалдохъан, тун вукӏана Гъерел росдал сельсоветалъул секретарлъун. Тӏоцебесеб харжги щун вохарав ва чӏухӏарав дун лъугьана, рокъобе цо щиб букӏаниги жо босизейилан, райцентралда бугеб тукада жаниве, — йилан бицунеб букӏана инсуца.\n— Босизе жого букӏинчӏо гьениб. Школалъе къваригӏунел жал росана, къалантӏар босана, цо чӏама-къамулеб гӏадаб жо щибдай босилаян сверсведана. Тукенчияс бетӏерги гьанкӏизабун бихьизабулеб бугоан хъорщода лъун бугеб кӏиго литра тӏолеб гӏадаб банка. Гьелда жаниб гӏечги гуреб, гӏечалда релълъарал цо багӏарал жал ругоан лъеделел. Гьеб щибилан гьикъизе дир гӏакълуялъ къабул гьабичӏо. Дунги гӏадатияв чи гурелъулха вукӏарав, гьединал жал лъачӏого вукӏине. Тӏубарав сельсоветалъул секретарь. Кидаго дицаго босун ругьунаб жо гӏадин гьеб банкаги босун, киналъухъго гӏарацги кьун, мугъзада балеб таргьиниб гьебги лъун, дун росулъехун вагъарана. Тӏокӏаб босизе жоги букӏинчӏелъулха тукада.\nБукӏана кватӏараб хаслихълъиялъул заман. Райцентралдаса росулъе буго 40 километралъул нух. Тӏеренаб гӏазул гъат тӏад бугеб сухъмахъ-нух букӏана цин кьурабалъан эхеде раялъ ине кколеб, цин лъарахъе гӏодоре раялъ лъугьине кколеб. Гьеб свералаби гӏемераб, бокьараб бакӏалдасан кьурса гъоркье хъуштӏун ине рес бугеб хӏинкъараб нухдасан лъалхъичӏого ани, 7-8 сагӏаталдасан щолаан росулъе.\nГӏемераб гӏакъубаги бихьун, свакан, тату хун, къасиялдехун дун рокъове щвана. Гьеб букӏана рагъ лъугӏун хадусел захӏматал ва ракъарал сонал. Рокъор рукӏана ракъарал вацал ва яцал. Мугъзада таргьагун дун ваккидал, гьезул рохалие гӏорхъи букӏинчӏо. Хӏухьбахъизегӏанго чӏечӏого рагьана дица таргьа ва бахъана къватӏибе доб банка. Гьелда жаниб бугеб жо щиб ва кинаб тӏагӏамалъул жояли лъалеб гьечӏониги, кунеб жо букӏин бичӏчӏаралъул, гьеб рагьизегӏан чӏезе кӏоларого рукӏана киналго, кваназе бокьун.\nБекичӏого гьеб чӏухӏараб банка рагьизе мадугьалихъа росдал учитель ахӏизе вац витӏана. Доб заманаялъ учитель вукӏана росулъ бищун къадру-къиматалда вугев чи. Вачӏун, носоца тӏалъелги рагьун, банкаялъуса доб гӏеч гӏадаб жо бахъана учителас къватӏибе.\n— Гьая, лъимал, гьанже хӏалбихьилаха нилъеца щибги босун нилъее Исмагӏил вуссун вугевали, — йиланги абун учителас хӏанчӏана гьеб багӏараб гӏечалда релъараб жо. Букӏкӏ-букӏкӏине гьумерги гьабун, векерун нуцӏихъегун, гьес гьеб къватӏибе тун балагьизабуна. Гьакӏкӏан кӏалалгун нижги хутӏана, щибго бичӏчӏуларого. Цинги дицаги хӏал бихьана. Бугоха цо гьуинаб лъалареб, цӏекӏаб лъалареб, цӏамгӏалаб лъалареб, данде гьулгӏилеб гӏадаб тӏагӏамалъул нигӏмат. Хӏанчӏараб жони дица къулчӏана. Дидаго ракӏ гурхӏун — 40 километралъ гьадаб банка мугъзада баччарав. Тӏокӏаб кӏалдибе босизе бокьичӏо. Цониги вацасниги квинародаян вукӏана, ракъунги ругелъул. Гьезги къватӏибе туна.\nПомидоразул щиб кканиги, цӏорол банкаялдаса эбел цӏакъ йохана. Доб заманаялъ магӏарухъ цӏакъ къанагӏатаб жо букӏана цӏорол суркӏа-щурун. Хъорщода бищун бихьулеб гӏадаб бакӏалда лъуна гьелъ гьеб. Росуцоязда чӏухӏун бицунаан гьелъ, гьалейила Исмагӏилица гьаб банка цӏун помидорал рачӏун рукӏанила, гьелги кванила, гьале жиндие банкагийила.\nЧанго минуталдасан тӏадги вуссун, къватӏиве ун вукӏарав учителас абуна:\n— Гьел руго помидорал. Дица Цӏоралда кун рукӏана гьел. Амма гьел дора гьедигӏан цӏамгӏалал рукӏинчӏо. Дуца босараб жо щибали дида лъаларо, Исмагӏил, гьел тӏагӏамал жал рукӏуна, — йиланги абун ана мугӏалим жиндирго рокъове. Мекъи ккараб дараналдаса ракӏ бухӏун чара хун дунги вукӏана. Помидоралги къватӏире рехун, ракъуца холаго регана киналго цо кӏудияб къохьол хъабарчаялда гъоркь, халатаб хаслихълъиялъул сордоги бугелъул, квачачӏого рукӏине.\nПомидоразул щиб кканиги, цӏорол банкаялдаса эбел цӏакъ йохана. Доб заманаялъ магӏарухъ цӏакъ къанагӏатаб жо букӏана цӏорол суркӏа-щурун. Хъорщода бищун бихьулеб гӏадаб бакӏалда лъуна гьелъ гьеб. Росуцоязда чӏухӏун бицунаан гьелъ, гьалейила Исмагӏилица гьаб банка цӏун помидорал рачӏун рукӏанила, гьелги кванила, гьале жиндие банкагийила. Унгогиха, вас – цӏалул отличник, гьелда тӏадеги — селсоветалъул секретарь, гьитӏинаб букӏаниги харжги щолев. Чӏухӏизе гӏилла кӏудияб букӏана эбелалъул.\nГьедин букӏуна чи батӏияб кванил тӏагӏамалде ругьунлъичӏеб мехалъ. Нухалги гьечӏеб, машинабиги хьвадулареб, къватӏисеб дунялалъулгун бухьенго гьечӏел магӏарулазда помидор щибжояли лъалароан доб заманаялъ. Хӏамуздаги чуяздаги баччулаан чара гьечӏого къваригӏунеб щинаб жо, помидоразде регӏун рукӏунароан. Гьеле гьеб гӏиллаялъ рокьичӏо, жидецаго кидаго кунеб квандаса батӏиял, ругьунал гурел цӏамгӏалал помидорал магӏарулазе.\n— Гьединлъидалин дир помидоразулгун хасаб гьоркьоблъи бугеб. Дида гӏемераб ракӏалде щола гьеб тӏоцебесеб лъай-хъвай. Гьелдаса нахъе лъабкъоялда анцӏгогӏан сонал аниги, кӏочон толаро, — ян абуна инсуца кверзукь цо гьитӏинаб помидорги сверсезабулаго Махӏачхъалаялда бугеб дир рокъор кваназе чӏараб бакӏалда. – Хадуб нижер лъикӏаб лъай-хъвай ккана. Избербашалда интернаталда цӏалулеб мехалъ колхозалъул хурисанго кунаан. Къотӏа-сотӏун салаталилан цо жалги гьарун квине бокьуларо, гьале гьадин тӏубанго, кӏийидеги къотӏун квине бокьула…\nЭмен нижгун гӏемерав хабар-кӏалалда вукӏунев чи вукӏинчӏо. Анкьида жаниб цо-цогӏаги гӏумруялдаса лъугьа-бахъинал рицинчӏогоги чӏолароан. Цо-цо кепал рукӏунаан гьесул харбал, цо-цо пашманал рукӏунаан. Гӏемерисел гӏадатиял гьадингоялин ккарал харбаз гӏажаибго рагьулаан доб заманаялъ магӏарулазул гӏумру. Гьениб пикру гьабизе жоги гӏемер батула.\nЦойги кепаб хабар бицана помидоразулги стипендиялъулги хӏакъалъулъ дир инсул гьитӏинав вацас, дир имгӏалас, инсул харбидаса хадуб. Гьеб цойги нухалъ бицина. Гурони цӏакъго гӏемераб томат ккезехъин буго цо хӏарччинибе."}
{"slug": "6225-avar-matsial-rekiej-kunshchinab-khinl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6225-avar-matsial-rekiej-kunshchinab-khinl-i", "title": "Авар мацӏалъ рекӏей кьунщинаб хинлъи", "date": "2019-11-10 10:17:09", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Аваразул пашманлъи –\nАвар мацӏ лъачӏел лъимал.\nР. Хӏамзатов\nДир мацӏ хъизаналда ва жамгӏияталда\nМасъалалъун лъугьараб гьаб суалалъул рахъалъ дирго пикраби загьир гьариялъе байбихьи лъуна, гьаб ахир заманалъ нилъеца гӏемер такрар гьаризе ккарал, кӏудияв Расулил рагӏабаздалъун.\nРахьдал мацӏ лъаларел наслаби берда цере гӏолел рукӏин, гьеб хӏакъикъаталдаги кӏудияб пашманлъи буго.\nГӏумруялъего рохеллъун хутӏана нижер рокъоб эбелалъ щибаб лъимаде кинидахъ ахӏарал кучӏдул, жеги гьитӏинго, кӏудияб тӏимугъалда жаниеги ячун, инсуца рицарал маргьаби, сордо нахъалъизегӏан гъасда харабазул накъит, мех-мехалъ пандрида биччалеб гьезул бакъан.. Бицун гӏорцӏиларо дие къиматаб авар мацӏалъ рекӏее кьурабщинаб хинлъи, рокьи. Дие къуват кьолеб бечелъилъун руго гьитӏинаб къоялдаса нахъе магӏарул мацӏалда цӏаларал халкъиял кучӏдул, машгьурал шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул асарал. Жакъаги дир мугӏалимлъиялъул махщалида куркьбал гъолеллъун рукӏана ва руго, цӏалдохъабазул рекӏелъе риун тӏезе гъира барал магӏарулазул бахӏарчилъиялъул, борхатаб гӏишкъул бицун хъварал асарал.\nГьал дир мугӏрузда гӏурал гӏадамалго гӏадин кьварараб буго гьезул мацӏги, жидеего хасаб гугьаралда рахъунел къ, кь, хӏ, лъ, чӏ, гӏ- гьаркьалгун, хӏарпалгун!\nЧам батӏияб лугъат бугеб магӏарул мацӏалъул, гьел цоцазда ричӏчӏизе ккани, чара гьечӏого хӏажалъула болмацӏ.\nЖакъа къоялъ миллиял мацӏаздехун нилъер республикаялда лъугьунеб бугеб ахӏвал-хӏалалъ кутакалда ракӏ унтизабулеб буго. Кинаб рухӏияб къуват букӏинеб гьанже гӏолел наслабазулъ гӏасрабазго шулалъиялъе лъураб кьучӏ биххизабулеб бугони?! Мацӏ гьечӏони гьечӏо миллат- гьеб дунялалдаго рагӏараб пикру буго. Кин мигьлъизе тезе бегьулеб, берда бихьулаго, нилъет миллаталъул аслияб бечелъи?!\nДица гьитӏинго магӏарул мацӏалда цӏаларал, цӏалулаго гьуинлъарал Гӏанхил Маринил, Инхоса Гӏалихӏажиясул, Чӏанкӏал, Махӏмудил, Муса Мухӏамадовасул, Расулил асарал- сунда гьел бащалъулел?!\nБалугълъиялде яхъараб мехалъ «Дие мун йокьула»-ян намусго гӏолилас абураб рагӏи тӏокӏаб батӏияб мацӏалъ рагӏизеги кӏваричӏоан, абун магӏнаги бичӏчӏилароан!\nРасул Хӏамзатов кӏодогьавун кӏудиял тадбирал тӏоритӏула нилъеца Дагъистаналда. Расулица авар мацӏалда пикруги хӏалтӏун къватӏире загьир гьарурал асараз гурищ жиндирго нилъ дунялалдаго рагӏизарурал?! Кинав магӏарулавха вукӏунев гьев шагӏирасул кечӏ цӏализе лъаларев, цӏалун магӏна босуларев? Щал аваралха кколел, жидер халкъалъул кьибил, тарих, гӏадат-гӏамал, маданият лъалеб гьечӏони?\nМагӏарул шагӏирасул гьунаралъул бицунеб сордо-гӏурус мацӏалъ, машгьурав магӏарул кочӏохъанасул, магӏарул мацӏалда кучӏдул ахӏулеб концерт бачунеб буго гӏурус мацӏалъ, бахӏаравги бахӏарайги аварал ругониги тамадаяс бертин бачунеб буго гӏурус мацӏалъ, кибго тадбиразулъ рагӏулеб буго гӏурус мацӏ! Гьеб буго жамгӏияталъул (обществоялъул) кӏудияб гӏунгутӏи, масъала.\nРахьдал мацӏ билиялъе гӏиллалъун рихьулел масъалаби\nЩай дие къваригӏун бугеб Дагъистан\nДир гьаракь бахъани дир лъималахъа?\nЩай дий магӏаруллъи, магӏарул чагӏаз\nЧияр мацӏ бицунеб жидерго гъастӏа?!\nРасул\nСундулъха бихьулеб бугеб жакъа магӏарул мацӏ мигьлъиялъе гӏилла, тӏагӏун иналъе хӏинкъи? Тӏоцебесеб иргаялде магӏарухълъиялдаса шагьаразде халкъ гочин. Гӏемерал мугӏрул росаби чӏороголъиялде ккун руго. Мугӏул ракьандаса байбихьарал рацӏцӏадал ицазул лъугьараб гӏор ралъдалъ билараб гӏадин шагьаралъ гъанкъулеб буго росдалаб берцинлъи, гӏадиллъи, гӏадаталъул тӏокӏкӏин, мацӏалъул берцинлъи. Гьеб киналъулго кӏвар тӏоцебе щибаб хъизаналда, жалго эбел-инсуда бичӏчӏулеб гьечӏо.\nБищунго кӏудияб гӏайиб, гӏунгутӏиги буго хъизаналда жаниб. Щай бицунеб жидерго гъасда чохьол лъимада чияр мацӏ, щай гӏодобегӏанаблъун бихьулеб жидер умумузул калам?! Хасго гьеб унти буго шагьаразда гӏумру гьабун ругел хъизаназда.\nХадуб шагьаразул школазда мугӏалимзабаз кин гьел, рахьдал мацӏалда рагӏиго абизе лъаларел лъимал, миллияб мацӏалда гаргардизе тӏамилел?\nГьебго, рокъоб гӏурус мацӏ бицунеб, квешаб гӏадат тӏибитӏулеб буго гьанже магӏарухъги. Ясли-ахалдаса байбихьун гӏурус мацӏалде ругьунлъун руго гьитӏичал. Жеги цӏакъ ракӏ унтулеб хӏужжа-гьелъул эбел-инсуе кӏвар гьечӏолъи. Цӏар-рец гьабун бицунеб буго лъагӏел баралдаса нахъе жиндир лъимаца телефон, планшет килшаз хъирщулеб бугилан. Телевизоралдаса «Карусель» каналги лъималазе биччан жалго гаджетазде руссунел руго гӏолохъанал эбел-эмен. Цӏалулеб магӏарул кечӏ рагӏуларел, кӏудабаца бицунеб маргьу бихьуларел, кин ва кир гьел ругьунлъилел миллияб мацӏалде, кин гьуинлъилеб гьезие гьеб?\nМиллияб мацӏ цӏуниялъе рихьулел нухал\n«Дун кӏудияб пикру гьитӏин гьабизе\nГьитӏинаб рукӏниса кӏалъалев гуро,\nВа пачалихъазул ансамблиялда\nАвар мацӏалъе бакӏ гьарулев гуро.\nАмма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал\nМактабазда гьеб мацӏ малъизе ккела\nГьеб рекъараб буго нилъер халкъазда\nЧерхалда борчараб рачел киниги..»\nРасул\nКӏудияв шагӏир, гъваридав гӏакъил Расулил гьал мухъазулъ буго нилъеца борхулеб масъалаялъе жаваб.\nРосабалъ школазда тӏоцебесеб классалде цӏализе рачӏарал лъималазда гӏурус мацӏ рахьдал мацӏалдасаги лъикӏ лъалеб буго. Байбихьул школа лъугӏизегӏан (гӏурус мацӏалъул дарс хутӏун) киналго предметал магӏарул мацӏалда кьолел ругони лъикӏаб кьучӏ лъелаан цӏалдохъабазулъ.\nЛъимерлъудасаго мультфильмазде, гаджетазде ругьунлъарал, байбихьул классазда гӏурус дарсазде ругьунлъарал лъималаз балугълъуде рахун хадубги цӏалилилищ миллияб мацӏалда адабияталъул тӏахьал?\nХӏажат буго гьитӏинаб мехалдаса байбихьун лъималазе жидерго миллияб мацӏ гьуин гьабулеб кьучӏаб хӏалтӏи. Гьебги гӏуцӏизе ккола эбел-эмен, ясли-ах ва школа, жамагӏат цадахъ лъугьун, байбихьудаса ахиралде щвезегӏан бухьен тӏезе течӏого. Жидецагоги рахьдал мацӏ бицун лъималаздасаги тӏалаб гьаби эбел-инсул кверщаликь буго. Школазгун росабазул библиотекабаз цадахъ лъугьун гӏуцӏизе ккела, нилъер шагӏирзабазул кучӏдул пасихӏго цӏалиялъул къецал, магӏарул машгьурал хъвадарухъабазул творчество рагьулел маданияталъул, адабияталъул тадбирал.\n«Ургъелгьечӏолъи»- ян абураб гӏузруялъ ккун буго халкъ. Гьеб ургъелгьечӏолъиялъул хӏасил ккола жакъа школалда анкьие лъабго сагӏат гурони миллияб мацӏалъул дарсазе заман кьолеб гьечӏолъи. Хӏисаб гьабе нужецаго- магӏарул росулъ анкьида жаниб гӏицӏго лъабго дарс рахьдал мацӏалъе! Дица гьеб цӏакъ гӏей гьечӏеблъун рикӏкӏуна!\nРахьдал мацӏалъул дарсалги цӏикӏкӏинарун гьезде жавабчилъи борхинабизе ккун буго цӏалдохъабазул. Гьелъул кӏвар чӏахӏияз бичӏчӏизабизе ккун буго гӏолохъанал эбел-инсудаги. Рахьдал мацӏ-гьеб кӏудияб рухӏияб хазина буго, кьолбол харабазги, жамгӏиял гӏуцӏабазги гьелъул тӏалаб гьабичӏого тей, гьеб цӏакъ мекъаблъун бихьула дида.\nЖидер ракьалде, миллаталде бугеб рокьиялъ гӏасруялдасаги цӏикӏкӏун заманаял чияр улкабазда гӏолел магӏарул наслабаз цӏунун буго умумузул мацӏ. Гьездагӏанги рахьдал мацӏ лъаларел наслаби нилъеда сверухъги гӏолел руго.\nМиллиял мацӏазда гьарулел передачабазе цӏакъго дагьаб заман кьун буго республикаялъул телевидениялъ. Гӏисинаб гӏелалъул ракӏ цӏцӏалел передачаби гьезего гьечӏо. Щай бегьулареб миллиял мацӏазде рокьи бижизабулел цӏиял теле, радио-проектал ургъизе. Дир хӏисабалда миллиял мацӏал, хасго болмацӏ цӏуниялъе хӏажат буго жамгӏиятго цолъараб, хӏукуматалъги квербакъараб кӏудияб хӏалтӏи.\nДирго пикрабазул ахир гьабила гьаб заманаялъул гӏузраби гӏужилго, пасихӏго къватӏире кьолев, нижер районцояв, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевасул рагӏабаздалъун:\nМугӏрузда рекъараб, къватӏиб берцинаб\nКъадру тӏадегӏанаб магӏарул калам.\nКинал ахӏмакъаца къанунги бахъун\nКъотӏизе гьабулеб дур гьаракь нижей.\nАллагьас нилъее нигӏматлъун кьураб\nМагӏарул мацӏ даим цӏунизе буго.\nЦӏиял гӏелазда гьеб кӏочон хутӏани,\nХвана магӏаруллъи, лъугӏана миллат.."}
{"slug": "6226-yarag-ishch-borchileb-chujishch-kololeb-nil-etsago-chivaleb-gab-matsi-tsiunize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6226-yarag-ishch-borchileb-chujishch-kololeb-nil-etsago-chivaleb-gab-matsi-tsiunize", "title": "Ххвалиего гьабулеб буго", "date": "2019-11-10 11:08:17", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жакъа къоялда кӏал бугевщинас абулебги кантӏизарулелги руго щибаб миллаталъул хаслъилъун кколел рахьдал мацӏал цӏунизе кколилан.\nАмма чӏорогоял харбал рициналдаса рикӏкӏаде ун рихьуларо жалго гьел вагӏзачагӏигицин. Дун гӏолохъанаб мех гьединаб ишалде формализмаян абулаан. Тӏоритӏула данделъаби, слетал, хӏатта съездалцин гьурра ахӏун мацӏ цӏунеян киназго хъат чӏвалел церерахъиналги гьарула гӏахьалчагӏаз. Амма нахъисеб къоялдего дол киналго сихӏ тун чӏола. Миллаталда гьоркьоб жидер рагӏиги билълъарал, адабги гьабулел гӏадамалха гьелги. Дица гӏемер биччала мадугьалихъ бугеб Чачаналъул телевидение. Жидерго мацӏалда, жидерго ретӏа-къаялда бачуна гьениб щибаб передача. Бахиллъизецин бачӏуна гьезда. Нужеца абизе бегьилаха Дагъистан гӏемермиллатазулаб республика бугилан, гьелъ мадугьалзабаздаса мисал босизе ресги гьечӏилан.\nВа амма нилъер республикаялъул буго гурищ, жидерго телевизионияб канал?! Жидеца щибаб анкьил къоялъ батӏи-батӏиял миллатазул передачаби къватӏире кьолеб? Щай бегьулареб «Гӏаданги, гӏамалги, заманги» проекталъул 40 минуталъ бицун лъугӏулеб тарих я тумазул, я аваразул, я лезгиязул гьечӏолъиги хӏисабалде босун, тӏубараб къоялъ тӏолабго эфир цо-цо миллаталъе сайгъат гьабун, гьезул рахьдал мацӏалда биччазе. Щибаб росу-ракьалъул тарих, гӏадатал, рукӏа-рахъин бихьизабулеб бугони, гьелде рокьи бижиларищ гӏолеб гӏелалъулги? Чияр маданияталдаса росичӏого, дагьалищ ругел нилъер умумузул кечӏ-бакъаналги, хӏаялги, кьурди-хъатги?\nМагӏна-гӏинго гьечӏел федералиял каналазул передачаби такрар гьарун къватӏире кьей кколарищ нилъерабго тун чияр босулеб жо? Дагьал церегӏан соназ дагъистаниязул мацӏалда кӏалъан рукӏана нилъеда машгьурал советиял мультфильмал. Кинаб лазатха лъималазе абиларо дун, херав чиясецин букӏараб гьезухъ балагьизе?! Щайха чӏезе тараб додигӏан лъикӏаб байбихьи? Щай данделъабазда гаргадулез цо гьитӏинаб хӏакъикъияб иш гьабунгӏаги хадур цӏачӏел жиде-жидер миллатцоял?\nГьабсагӏат магӏарухъ гӏумру гьабун вугев гӏадатав пенсионер, дида гьеб жо релълъун бахъунеб буго гӏицӏго «Гьоболасул хӏама хӏорде бачана-гьекъаниги гьекъечӏониги ургъел гьечӏо» кициялда. Ххвалие гьабулеб буго кинабго, ракӏ унтун гуро.\nГьабсагӏат авар казияталъул редакторлъун вачӏарав магӏарул сатираялъул удаман Гӏумахан Гӏандийскиясдеги кӏудияб хьул буго, цеве вукӏарас гӏадин рихьдае кӏал гьамгьазабичӏого, миллат цӏунулеб къолденлъунги мацӏ машгьур гьабулеб матӏулъунги «Хӏакъикъат» цебе бачинилан."}
{"slug": "6234-botsiigi-bokun-gel-ul-tialab-gabizegi-bokichiogo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6234-botsiigi-bokun-gel-ul-tialab-gabizegi-bokichiogo", "title": "Боцӏиги бокьун, гьелъул тӏалаб гьабизеги бокьичӏого", "date": "2019-11-10 18:21:48", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бетӏергьанчи гьечӏел жал гӏадин, тахшагьар сверулелниги рощногохӏал гелулелниги гӏачиязул рехъаби рихьичӏел чагӏи къанагӏатги ратиларо Махӏачхъалаялда.\nИсана риидал рагьана бетӏергьаби хадур рачӏинегӏан гьеб боцӏи жаниб тӏамулеб питомник. 200 хӏайваналъе бакӏ буго гьениб. Амма жалго боцӏул хважаинзабазе гьеб данде кколеб гьечӏо. Гьединлъидал гьезул цо-цояз хӏалбихьана шагьаралда ккураб боцӏи тӏад баччулеб машина бухӏизеги питомникалъул хъаравул вухизеги. Гьев вухиялъул хӏужа лъабцӏулниги ккана. Цоясда тӏад уголовный делоги гьабун буго.\nБоцӏул бетӏергьабазе данде кколеб гьечӏо питомникалдаса хӏайванал нахъе рачине гӏарац кьезе кколеб букӏин.\nГьелъул директор Руслан Исмагӏиловас гьадин бицана «Хӏакъикъаталъулгун» ккараб гара-чӏвариялда:\n— Жалго хутӏизегӏан, сверухъ вугевщинав чи рикӏкӏунев вуго гьез гӏайибиявлъун. Шагьар сверулеб щай нужеца гьаб боцӏи толебин гьикъидал, щибинха гьабилеб, жидер гьел жанире сверизе бакӏ гьечӏелъулин жаваб кьола бетӏергьабаз. Гьадабгунияб боцӏи хьихьулел бакӏазда, росабалъгицин рукӏунаро гьедин ахӏуд риччарал хӏайванал. Амма гьеб жо азда бичӏчӏуларо. Жидер гьединаб рес гьечӏин чӏола: бокьалги гьечӏила, гьезда цере рукӏине заманги гьечӏила. Жал хӏалтӏуде ине кколила. Щивасул бетӏергьанлъиялда батула ункъ-ункъ, щу-щу гӏака, бече. Гьезул гӏемерисел чанцӏулго питомникалде.\nГьаб питомник рагьун тӏоцебесеб моцӏалъ боцӏул бетӏергьабазда лъазабулев вукӏунаан дун: гьезул тӏалаб гьабейин, гурони, тӏад гӏакӏа къотӏизе рес бугилан. Амма гьез гьелъул тӏири санго гьабичӏо. Тӏадежоялъе нижер машина бухӏун, хъаравул вухун, хӏинкъаби кьун, нижеде гьужумал гьаризеги байбихьана.\n— Жаниб тӏамураб хӏайван биччазе ккани, кигӏан жо гьез нужее кьезе кколеб?\n— Сордо-къо гьаниб бани, ункъазарго гъурущ.\n— Валлагь, лъикӏаб махсара жо гьечӏоха гьебги…\n— Гьелда тӏасанлъидалха нижее харжги, бензинги, цогидал хӏажалъабазе гӏарацги бачӏунеб. Гьеб сордо-къоялдаса хадубги питомникалда хӏайваналъ бараб къо рикӏкӏун, I 600 гъурущ кьезе ккола гьезул хважаинзабаз. Гьеб уна боцӏуе корма, хер босизе, дояркаялъе, ветврачасе мухьдае.\nХадув чиги вачӏинчӏого хутӏараб боцӏи бугони, бащдаб лъагӏалица гурони толаро гьеб питомникалда (законалда рекъон). Гьелдаса хадуб муниципалияб буголъилъун рикӏкӏуна гьеб.\nГьебщинаб гӏарац гьечӏин жидехъинги чӏола гӏемерисел. Гьединлъидал цо-цо мехалда маслихӏаталдеги рачӏуна. Гӏарац батичӏони, хъвейинха гьебилан абула нижеца гьезда. Гьедин хъун, гьанги бичунги бецӏула гьез жидеда тӏад къотӏараб гӏакӏа."}
{"slug": "6242-shamil-imamasul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6242-shamil-imamasul-kag-tal", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2019-11-11 14:25:36", "categories": ["kultur"], "text": "Дагьаб цебегӏан къватӏибе бачӏана Шамил имамас хъварал, гьесухъе хъварал, гьесул хӏакъалъулъ 1836-1886 соназ хъварал кагътаздаса данде гьабураб тӏехь.\nГӏараб мацӏалдаса магӏарул мацӏалдеги руссинарун, тӏехьалда гьел лъун руго Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевас.\nТӏехьалда лъурал гӏемерисел кагътал руго жеги кирниги рахъичӏел. Гьел цӏаларалго, церечӏола кӏудияв имамасул магӏарул халкъалъулги бахӏарчияб сипаталги гӏагараб ракьалде букӏараб хӏасратаб рокьиги. Тӏехьалъе хъвараб цеберагӏиялда авторас рехсолел руго кагътал кодоре щвеялъе квербакъарал гӏадамазул цӏаралги. Масала, Яловалдаса магӏарул мугьажир Жахӏбар Барлас, Гӏахьалчӏиса Мухӏамаднурил Мухӏамад, Гӏуркӏачӏиса Алданов Мухӏамад, Гьандихъа Набил Мухӏамадил Гӏабдурахӏман.\nГьеб тӏехьалдаса цо-цо бутӏаби, хадусеб номералдаса байбихьун, газеталда рахъизеги руго."}
{"slug": "6243-shigirabazul-giidra-tiegaleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6243-shigirabazul-giidra-tiegaleb-bugo", "title": "Шигӏрабазул гӏидра тӏегьалеб буго", "date": "2019-11-11 14:34:44", "categories": ["kultur"], "text": "Магӏарул шагӏир Залму Мухӏамадовалъулгун дир лъай-хъвай ккаралдаса гӏурабго заман буго.\nБерцинаб гьурмада гьимулел зодикьерал бералги, беразул хӏоринир лъедолел анищалги, гьезул гъварилъуда бахчараб балъголъиги, гьеб киналдаго тӏад нурлъун гвангъун рещтӏун бугеб гьуинаб гьимиги. Рокьул цӏураб гӏажаибаб балагьиялъ бицунеб бугин ккола гьелъул шигӏрабазул гӏидраялда тӏегьарал сариназул.\nХӏикматаб сихӏкъотӏиги тӏуркӏизабун, цӏидасанги рагӏулеб буго магӏаруллъиялъухъги рорхатал мугӏрузда тӏавап гьабулел пахруял цӏумазул рорженалъухъги, мугӏрул ахалъудасан чвахулел рацӏцӏадал лъаразул чилиялъухъги урхъараб шагӏиралъул гьаракь.\nВатӏаналъухъ урхъи – гьеле Залму шигӏрабазда чӏвараб даимаб мугьру:\nРорхатал мугӏрузул гӏиял рехъаби,\nГӏазулал мугӏрузда тӏад чӏараб ритӏучӏ,\nТӏогьол байдабазда кечӏгун гӏанса хӏинчӏ,\nУнго, магӏаруллъи, цо дур берцинлъи!\n***\nАхӏулъ яхӏ рехичӏел чӏухӏарал васал,\nНамус цӏунаразулъ цӏар бугел ясал,\nИманги щулияб, исламги ккураб\nУнго, магӏаруллъи, цо дур берцинлъи.\nМагӏаруллъиялъул берцинлъиялдаса бергӏорцӏуларей шагӏиралъул гьоркьо-гьоркьоб рахӏат хьвезабулеб буго, цо-цо мехалда, миллаталда гьоркьоб гьечӏеб цолъиялъ:\nЦолъе, магӏарул васал,\nЦогиязе мисаллъун,\nЦолъарал церехун ун,\nНилъ нахъа хутӏун ругин.\n***\nКин ругел, магӏарулал,\nКир ругел, магӏарулал,\nВацал цадахъ хутӏичӏеб\nХъизан бихьулеблъи лъай.\nГьаб сарин гӏодулеб буго магӏарулазул жакъасеб къисматалъухъ. Ватӏаналъул пикрабиги, рохелги , релъиги, гӏодиги, угьдиги щущан руго шагӏиралъул шигӏрабазул гӏидраялда. Гьенир тӏирщарал ва тӏирщулел ругел сариназулъ дида дунгоги ятула. Дир къисматалъги магӏу тӏолеб буго гӏолиллъиялда хадуб. Жегиги анищазулъ чверделеб бугеб гьелъ цин йосун лъола жиндирго гӏурул рагӏалда, цинги – гьел цӏидасанги гьелчола гӏумруялъул карачалабазде данде:\nДир анищазул лъар, ракъдалал соназ,\nКъечон дун холелъул, гьекъезе щвечӏеб.\nДир анищазул лъар, анищазул лъар,\nКватӏун букӏаниги дихъе чвахулеб….\nБотӏрол расазда саву кколелъулги, каранда кӏетӏолеб рекӏел твархи загӏиплъулелъулги, хьулазул хьухьакье ккарал пикраби дагьалъги гӏанчӏлъулелъулги, Залмул асарал кӏетӏола гӏумруялъул хаслихълъиялда. Гьеб бачӏуна, лъимерлъиги гӏолохъанлъиги цадахъ бачун. Цинги цӏидасан, кьурдула анищал, хӏайранал сариназул асирлъуде ккарай дие гьимула талихӏалъул бакъ. Гьеле гьединаб гӏажаибго берцинаб гогьаралъул накъищаз угьараб асар гьабула дие тӏубачӏеб рокьулги, билараб талихӏалъулги, гӏорцӏизегӏан хӏохьбазе щвечӏеб гӏолохъанлъиялъул иццухъ тӏураб магӏуялъул хӏакъалъулъ хъварал шагӏиралъул кучӏдул цӏалидал!\n***\nСаназул гъаталде гъегъ бананиги,\nГъорлъан инагьдула анищазул лъар,\nТӏад къанал чӏван, чвахи къинабуниги,\nКъин гьечӏеб лъарал лъим баккула тӏаде.\nЯги:\nРекӏараб цӏадутӏе цӏад щай балареб,\nЦӏахӏилал беразул нур босилалде,\nЦӏваби гъараб зодоб мацӏ щай щолареб,\nМоцӏроде кӏетӏолеб ракӏ лъалхъилалде.\n***\nВа цо заманаялдаса, пашманал пикрабиги щущазарулаго, гьале жибилан гӏолохъанлъиялъул хьухьикьан баккун бачӏуна, талихӏалъул хӏинчӏ, дир гӏамирко хӏинчӏ – хӏеренаб, недегьаб, гӏанчӏаб, гогьаб лъимерлъи:\nТалихӏай йикӏана гьитӏинаб мехалъ,\nГьури тӏад кьурдулей кьурулъеги ун,\nГӏодой ялагьани, бетӏер сверулеб\nПарсиб бижараб тӏегь тӏезе хӏалкӏведал…\nВа амма гӏолилалъул гӏумруялъе гьарулел бадирчӏваяз тӏаде цӏалеб буго чӏегӏераб сордо:\n— Талихӏ, унго, талихӏ бачӏунищ унеб?\nЯлъуни кидаго аскӏобищ чӏолеб?\nТалихӏай ятани, щай пашманлъиялъ\nЩибаб маркӏачӏуда дир ракӏ къанцӏулеб?\nШагӏиралъул шигӏрабазухъе нуцӏа къиридал, дида чӏвала магӏарул рогьелалъул гьогьенги, йохизаюла гӏидраялде ккараб рокьул щуб талихӏалъул бакъуде данде кӏенчӏолелъулги, сири базабула къисмат бигъаразул рекӏел сариназги. Гьеле гьединаб гӏемеркьеразулаб шигӏру буго магӏарул шагӏир Залму Мухӏамадовалъул.\nНахъойги ахӏулеб буго шагӏиралъ:\n— Кӏваричӏо дий гӏумру, гӏураб ракьалда\nГӏадамал дидаса къварид ругони,\nКъабуллъиларо дий бачӏунеб заман,\nЙорчӏами кьураца жаваб кьолареб.\nКъокъаб гӏумруялъул къваридаб нухда,\nКъадру цӏунун, дица тӏамила къоял.\nКъаникье индалцин, лъалелщинаца\nЛъикӏай йикӏанилан абулеб куцалъ.\nИсана Залму Мухӏамадова гьаюралдаса тӏубана 55 сон. Гӏумруялъ кӏиго щуйилаб лъолеб гьеб талихӏаб лахӏзаталда, дица шагӏиралъе гьарула къин гьечӏел шигӏрабазул иццухъ талихӏал сариназе даимаб чили. Биччанте гьеб букӏине цӏияб гӏумруялъул цӏияб байбихьилъун."}
{"slug": "6244-tsiiyab-nukhlul-bajbikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6244-tsiiyab-nukhlul-bajbikhi", "title": "Цӏияб нухлул байбихьи", "date": "2019-11-11 18:59:53", "categories": ["lit"], "text": "Кверги ккун, магӏуги релъиги цадахъ босун, ячана дун артистка Майсарат Гӏабдулмажидовалъ театралияб дунялалде.\nГьелда дандчӏвай гьабизелъун данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Поэзиялъул театралда Магӏарул театралъул артисталги, журналисталги, гьелъул театралиял сипатаз асир гьарурал магӏарулалги.\nГӏадамазул ракӏазулъе рохелги, хинлъиги, рокьиги босун ячӏуней Фазу Гӏалиевалъул сипаталдалъун дандчӏваялде рачӏаразда цее яхъана Майсарат.\nГӏадамазулги, дунялалъулги, дунял хӏабургъине гьабулел лъугьа-бахъиназги гӏумру кьогӏлъизабурай шагӏиралъул рекӏел хӏал бигьалъулеб буго, гӏолилазе кумек гьабизе щвараб мехалда. Гьел лахӏзатаз гьелда кӏочон толеб буго рукъги, хъизамги, росасул лъадилъун йикӏинги.\nБалагьаразе кӏудияб асар гьабуна Мусалги Фазулги гара-чӏвариялъ. Гьесдаги бичӏчӏулеб буго жиндиялдасаги гӏадамазе шагӏир къваригӏун йигеблъи.\nГьеб букӏана гӏурус мацӏалда тӏоцебе шагӏиралъ хӏалеб роль. Гьединайго йиго гӏумруялдаги Майсарат – яцӏцӏадай, ритӏухъай, ккаралъуб заз гӏадайги, гьеб зазие гьайбатлъи, хӏеренлъи, неделъи кьолеб цо балъголъиги буго Майсаратилъ бахчун.\nГьеле гьединайлъун, аваданай, аскӏор ругезеги гьеб аваданлъи кьолей артисткаялъ гьеб сордоялъги хӏайран гьаруна магӏарулал. Майсаратил творчествоялъе сайгъат гьабураб тадбир рагьана «Дун гьаюна хасало» абураб Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъе сайгъат гьабураб спектаклялъул цо-цо бутӏабаздасан.\nКинабха бугеб Майсаратил театралияб дуниял? Цӏакъго хӏайранаб ва хӏикматаб. Гьейгун лъай-хъвай гьабизе гъира ккарай дун щвана гьелъул рокъое. Гьаризегицин ккечӏо – щуго минуталдасан гьелъ дие рагьана чанго батӏияб сипат. Дие хӏалае магӏуги лъугьана, жибги гьаниб бугилан релъиги кӏанцӏана. Дида цее йикӏана дунялалъухъги гӏадамазухъги ккараб гӏищкъул ракӏ цӏурай магӏарулай.\nМайсаратида байрам баркана ва гьелъул творчествоялъул хӏакъалъулъ бицана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас, гьелда цадахъ Тбилисалъул театралияб институталда цӏаларал, гьабсагӏаталдаги театралда хӏалтӏулел ругел Гӏалисултан Батировас, Нурмухӏамад Нурмухӏамадовас, театралда хӏалтӏулей йигей гьелъул яс Аидаца, гьудулзабаз. Тадбирги букӏана цогидал мажлисазда релълъинчӏеб, рекӏелгъей цӏикӏкӏараб, кӏалъаял дагьаб. Гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеофильмалъ ракӏалдещвезарулел рукӏана даим гӏолохъанго йикӏине йигей Майсаратил лъимерлъиги, гӏолохъанлъиги, цӏалул соналги.\nСуратаз бицана кинабго: хӏарал ролалги, чӏвараб хъатги, артисткаялъ гӏадамазе сайгъат гьарурал сипаталги.\nАртисткаялда байрам баркана ва Борис Пастернакил кочӏодасан гьитӏинабго моноспектакль бихьизабуна ДГУялъул культураялъул факультеталъул студентас, Магӏарул театралъул гӏолохъанай артистка Анисат Гӏисаевалъ бихьизабуна проза пасихӏго цӏализе жиндирго бугеб махщел.\nДагъистаналъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Хӏажиевалъ ва композитор Ахӏмад Гӏамирхановас музыкалияб саламалдалъун баркана Майсаратида гьелъул байрамалъулаб сордо.\nДандеруссинин абуни нухда бачана ва табдиралъул гӏахьалчагӏазе батӏияй, нилъеда, ай магӏарулазда лъаларей Майсаратил гвангъараб сипат рагьана поэзиялъул театралъул хӏалтӏухъан Ариза Батировалъ.\nЛъугӏана байрам. Гьеб букӏана артисткаялъул пагьму-гьунаралде гьелъ жинцаго рагьараб цӏияб нухлул цӏияб байбихьи."}
{"slug": "6245-tsiiyab-nukhlul-bajbikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6245-tsiiyab-nukhlul-bajbikhi", "title": "Цӏияб нухлул байбихьи", "date": "2019-11-11 19:12:43", "categories": ["lit"], "text": "Кверги ккун, магӏуги релъиги цадахъ босун, ячана дун артистка Майсарат Гӏабдулмажидовалъ театралияб дунялалде.\nГьелда дандчӏвай гьабизелъун данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Поэзиялъул театралда Магӏарул театралъул артисталги, журналисталги, гьелъул театралиял сипатаз асир гьарурал магӏарулалги.\nГӏадамазул ракӏазулъе рохелги, хинлъиги, рокьиги босун ячӏуней Фазу Гӏалиевалъул сипаталдалъун дандчӏваялде рачӏаразда цее яхъана Майсарат.\n(Сурат — гьаниса: https://www.facebook.com/teatrpoeziird/)\nГӏадамазулги, дунялалъулги, дунял хӏабургъине гьабулел лъугьа-бахъиназги гӏумру кьогӏлъизабурай шагӏиралъул рекӏел хӏал бигьалъулеб буго, гӏолилазе кумек гьабизе щвараб мехалда. Гьел лахӏзатаз гьелда кӏочон толеб буго рукъги, хъизамги, росасул лъадилъун йикӏинги.\nБалагьаразе кӏудияб асар гьабуна Мусалги Фазулги гара-чӏвариялъ. Гьесдаги бичӏчӏулеб буго жиндиялдасаги гӏадамазе шагӏир къваригӏун йигеблъи.\nГьеб букӏана гӏурус мацӏалда тӏоцебе шагӏиралъ хӏалеб роль. Гьединайго йиго гӏумруялдаги Майсарат – яцӏцӏадай, ритӏухъай, ккаралъуб заз гӏадайги, гьеб зазие гьайбатлъи, хӏеренлъи, неделъи кьолеб цо балъголъиги буго Майсаратилъ бахчун.\nГьеле гьединайлъун, аваданай, аскӏор ругезеги гьеб аваданлъи кьолей артисткаялъ гьеб сордоялъги хӏайран гьаруна магӏарулал. Майсаратил творчествоялъе сайгъат гьабураб тадбир рагьана «Дун гьаюна хасало» абураб Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъе сайгъат гьабураб спектаклялъул цо-цо бутӏабаздасан.\nКинабха бугеб Майсаратил театралияб дуниял? Цӏакъго хӏайранаб ва хӏикматаб. Гьейгун лъай-хъвай гьабизе гъира ккарай дун щвана гьелъул рокъое. Гьаризегицин ккечӏо – щуго минуталдасан гьелъ дие рагьана чанго батӏияб сипат. Дие хӏалае магӏуги лъугьана, жибги гьаниб бугилан релъиги кӏанцӏана. Дида цее йикӏана дунялалъухъги гӏадамазухъги ккараб гӏищкъул ракӏ цӏурай магӏарулай.\nМайсаратида байрам баркана ва гьелъул творчествоялъул хӏакъалъулъ бицана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас, гьелда цадахъ Тбилисалъул театралияб институталда цӏаларал, гьабсагӏаталдаги театралда хӏалтӏулел ругел Гӏалисултан Батировас, Нурмухӏамад Нурмухӏамадовас, театралда хӏалтӏулей йигей гьелъул яс Аидаца, гьудулзабаз. Тадбирги букӏана цогидал мажлисазда релълъинчӏеб, рекӏелгъей цӏикӏкӏараб, кӏалъаял дагьаб. Гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеофильмалъ ракӏалдещвезарулел рукӏана даим гӏолохъанго йикӏине йигей Майсаратил лъимерлъиги, гӏолохъанлъиги, цӏалул соналги.\nСуратаз бицана кинабго: хӏарал ролалги, чӏвараб хъатги, артисткаялъ гӏадамазе сайгъат гьарурал сипаталги.\nАртисткаялда байрам баркана ва Борис Пастернакил кочӏодасан гьитӏинабго моноспектакль бихьизабуна ДГУялъул культураялъул факультеталъул студентас, Магӏарул театралъул гӏолохъанай артистка Анисат Гӏисаевалъ бихьизабуна проза пасихӏго цӏализе жиндирго бугеб махщел.\nДагъистаналъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Хӏажиевалъ ва композитор Ахӏмад Гӏамирхановас музыкалияб саламалдалъун баркана Майсаратида гьелъул байрамалъулаб сордо.\nДандеруссинин абуни нухда бачана ва табдиралъул гӏахьалчагӏазе батӏияй, нилъеда, ай магӏарулазда лъаларей Майсаратил гвангъараб сипат рагьана поэзиялъул театралъул хӏалтӏухъан Ариза Батировалъ.\nЛъугӏана байрам. Гьеб букӏана артисткаялъул пагьму-гьунаралде гьелъ жинцаго рагьараб цӏияб нухлул цӏияб байбихьи."}
{"slug": "6247-ebelal-ul-garak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6247-ebelal-ul-garak", "title": "Эбелалъул гьаракь", "date": "2019-11-11 19:21:50", "categories": ["kultur"], "text": "Ракьалде бачӏиндал, тӏоцебе лъимералда дандчӏвайги гьабула гьелъ. Гьеб гьаракьалъ дунялалъего бицуна жиндирго талихӏалъул рохел.\nТалихӏалда къвалги бан, гьеб боржуна зодор бищунго берцинал цӏвабзахъеги. Гьезул маржаналги гьарун, жиндирго лъимадул горбода дализарула.\nЦинги кинидеги къулун йигей эбелалъул гьаракь гаргадула лъимергун, цо гьеб гьаракьалъ лъимер беэдун толеб куцха! Гьеб гьаркьица ахӏарал лъугӏи гьечӏел сариназ нухарегӏула нилъ талихӏалде данде. Амма цо-цоял нух къосун ккедал, гьеб гьаркьил талихӏ къуна. Гьелъул угьи-зигара рагӏани, зобалги ракьалги цоцалъ къабгӏила.\nУнго-унгоги гьелъул букӏунеб зириги зваргъиги, лъимер белъулеб мехалда. Лъимералъул талихӏалда баулелъул, гьеб гьелчезе лъугьунеб куц!\nГӏенекке цо лахӏзаталъ. Рагӏулеб гьечӏищ, васасул зонода къвалги бан, инагьдулей эбелалъул гьаркьил хъуди. Гьелъул гъугъадиялъ гъугъ гьабула гӏумруцин, гьелъул гьелегьиналдаса лъугьараб пириги речӏчӏун, кьолболъанго чӏурхӏун рехула къисматалъул гъветӏ.\nГьале цоги лахӏзат. Берккеялда хӏинкъараб. Васасе ригьин гьабулелъул, гьелъул гьаракь кьурдулеб букӏуна. Бакъул чӏоразул кунчӏигун жубараб гьеб рокьул дандерижилъун бессула лъималазул нусабго логолъ. Цинги цӏидасанги – эбелги лъимерги. Рекӏел тӏиналдаса роргьун рачӏунел талихӏалъул сариназулъ тӏепун руго кӏиялго.\nЭбелалъул гьаракь. Гӏемеркьеразулаб: хъахӏабги, чӏегӏерабги, бохарабги, пашманабги, гъугъабги, зирарабги…\nГьелъ чӏегӏербала, лъималазул талихӏалда балагь кӏетӏедал. Гьеб гъугълъула, гьезул къисматалде гъегъ байдал, пашманлъула гьеб, лъималазул талихӏги къисматги, рукъ тун, къватӏир хутӏидал.\nЭбелалъул гьаракь. Гьелда хъахӏаб кьер чӏвала, лъималазул талихӏалда бакъул чӏорал квалидал. Гьеб зирула, лъималазул къисматалъул щибаб тӏанчида щубалъ расенал угьидал. Бохула, белъула гьеб, лъималазул талихӏги къисматги, къватӏ тун, рокъоре тӏад руссиндал.\nЭбелалъул гьаракь. Гӏемеркьеразулаб. Кинаб кьералъулдай гьеб букӏараб дир эбелалъул?!\nЗахӏмалъулеб буго гьелъие жаваб кьезе. Хъахӏаб кьералдасаги цӏикӏкӏун чӏегӏералъ гӏемераб хъвай- хъвагӏай гьабураб гьеб гьаркьихъ урхъараб магӏу, тохлъукьего рещтӏараб гӏумруялъул цӏороялъ гӏунизарурал дир гӏанабиги чурулаго, тӏинкӏунго тӏинкӏун уна ракьалде…"}
{"slug": "6299-k-aleb-bugo-pardav-kh-aznida-nakh-a", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6299-k-aleb-bugo-pardav-kh-aznida-nakh-a", "title": "Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа…", "date": "2019-11-18 11:27:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Авгӏаги кив вукӏаравинги абун, нужеца гьаб казият нахъе реххичӏони, дица нужее кӏванагӏан къокъго бицина гьал къоязда Дагъистаналда рукӏарал жамгӏиял ва политикиял лъугьа-бахъиназул.\nТамашаял лъугьа-бахъинал ккана араб ва унеб бугеб анкьида жанир Дагъистаналда.\nТӏоцебесеб — нужеда киназдаго лъалеб, казияталъул ахирисеб тӏанчида бугеб цӏияб хабар – «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторлъун Гӏумахан Гӏумаханов вачӏин.\nГьелъул халат гьабиларо, нужедаго лъан букӏине бицун толеб буго. Дагъистаналъул хӏукуматалъ ишги лъалев, лъайги бугев, аваро-андо-цезал абун анцӏихъе бикьараб нилъер миллаталъул киналго чӏагоял — гьунарги, пикруги, асарги, жидерго хатӏги, хъвайги бугелщинал къуватал магӏарул басмаялда сверухъ цолъизаризе тун вуго Гӏумахан хъулухъалда, дида бичӏчӏулеб бакӏалдаса. Гьедин бугин бичӏчӏизабуна информатизациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегиревас данделъиялдаги. Уйила, гьедин бугин гьебилан тасдикъ гьабуна гьеб пикру данделъаразги.\nАхиралда казияталъул концепциялда тӏасан камилаб калам гьабуна цӏияв редакторасги.\nКӏиабилеб лъугьа-бахъин ккана гьадинаб. 1990-абилел соназул бащалъудаса нахъе республикаялъул хъазнаялъул щекъер щулаго ккун букӏарав, республикаялъул бетӏерлъиялде кидагосев кандидат Сайгидхӏусен Мухӏамадов хъулухъалдаса нахъе унев вугин бичӏчӏизабуна Халкъияб собраниялъул сессиялда республикаялъул бетӏер В. Васильевас. Гьеб хабар рагӏарабго «вахӏ» — илан гъванща хъасана сессиялда чанго депутатасги саламатал министразги. Политикаялда хадур халккурал чагӏазда Сайгидхӏусен лъалаан федералияб централда къуваталъулазда гьоркьор кӏудиял бухьеналги ругев, В. Путинил администрациялда мугъчӏвайги бугев, хъулухъалъ тӏаде гьункьун гурони, гъоркье рещтӏине ресго гьечӏев чи хӏисабалда.\nИш батӏайиса бугин бичӏчӏизабуна тӏоцеве казначействоялда тӏаса критикагун цеве вахъарав депутат Салихӏ Хӏажиевас. Гьев жого гьечӏого цеве вахъарав чи гьечӏеблъи бичӏчӏана хадубго депутатасул пикруялъул рахъккун В. Васильев кӏалъайдал.\nСессиялъул тӏоцебесеб бутӏаялдаса къватӏире лъугьарабго, Хъахӏаб рукъалъул жанахӏалъуб цо магӏарулазул депутатас бадирчӏваял гьаруна Салихӏие магӏарул чи какун цеве щай вахъаравинги абун. «Гьесда кӏалъаялъул пайда гьечӏо, гьеб буго чи чӏванин туманкӏалда гӏайиб чӏвай гӏадаб жо. Тункӏида гурелъул букӏунеб гӏайиб, гьеб кьвагьулесдалъидал. Гьевги гьеб абизе витӏарав чи вуго, гьесул хъундахъ ккурав чи хадув кӏалъана», — ян абуна дицаги гьев магӏарул депутатасда.\nХӏасил-калам, гьаб политикияб лъугьа-бахъиналдаса нилъее баянлъулеб буго гьадинаб хӏакъикъат. Кигӏан гӏемер казначей нахъе витӏизе кколин цере рукӏарал нилъер бутӏруз Кремлялде кагътал хъваниги, дора ругез гьел хитӏабал къабул гьарулаан республикаялда жанир унел гӏарцул ва политикияб асаралда сверухъ бакӏалъул къокъабазул кьеркьей гӏадин. В. Васильевас пуланав чиновник нахъе витӏизе кколин ишара гьабуни гӏолеб буго Москваялъе хӏукму къотӏизе. Официалияб къагӏидаялъ казначей тахбакӏидаса махӏрум гьабураб хӏукму бугищали лъазе кӏоларо, амма В. Васильевас сессиялда лъазабуна гьес гӏарза кьун бугилан.\nГьединаб ккана ахир Дагъистаналъул цӏияб тарихалда бищунго щулаго ва халатбахъун тахбакӏ ккуразул цоявлъун рикӏкӏунев вукӏарав республикаялъул хъазначи Сайгидхӏусен Мухӏамадовасул. Гьеб ккола республикаялъул бетӏерас республикаялъул тӏалъи тӏубанго жиндирго кверщалида гъоркье босиялъул гӏаламат. Лъикӏищ гьеб квешищ Дагъистанаялъеяли бихьизабила заманалъ ва ишаз.\n«Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа, хъизамал кьаллъараб театралъул…» абурал шагӏирасул рагӏаби хъвалсараб магӏнаялда гурел, битӏахъе рачӏунел руго жакъасел жамгӏиял ва сиясиял харбазда хадуб халккураб мехалда.\nХабар лъикӏаб рагӏаги."}
{"slug": "6300-k-aleb-bugo-pardav-kh-aznida-nakh-a", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6300-k-aleb-bugo-pardav-kh-aznida-nakh-a", "title": "Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа…", "date": "2019-11-18 13:21:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Авгӏаги кив вукӏаравинги абун, нужеца гьаб казият нахъе реххичӏони, дица нужее кӏванагӏан къокъго бицина гьал къоязда Дагъистаналда рукӏарал жамгӏиял ва политикиял лъугьа-бахъиназул.\nТамашаял лъугьа-бахъинал ккана араб ва унеб бугеб анкьида жанир Дагъистаналда.\nТӏоцебесеб — нужеда киназдаго лъалеб, казияталъул ахирисеб тӏанчида бугеб цӏияб хабар – «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторлъун Гӏумахан Гӏумаханов вачӏин.\nГьелъул халат гьабиларо, нужедаго лъан букӏине бицун толеб буго. Дагъистаналъул хӏукуматалъ ишги лъалев, лъайги бугев, аваро-андо-цезал абун анцӏихъе бикьараб нилъер миллаталъул киналго чӏагоял — гьунарги, пикруги, асарги, жидерго хатӏги, хъвайги бугелщинал къуватал магӏарул басмаялда сверухъ цолъизаризе тун вуго Гӏумахан хъулухъалда, дида бичӏчӏулеб бакӏалдаса. Гьедин бугин бичӏчӏизабуна информатизациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегиревас данделъиялдаги. Уйила, гьедин бугин гьебилан тасдикъ гьабуна гьеб пикру данделъаразги.\nАхиралда казияталъул концепциялда тӏасан камилаб калам гьабуна цӏияв редакторасги.\nКӏиабилеб лъугьа-бахъин ккана гьадинаб. 1990-абилел соназул бащалъудаса нахъе республикаялъул хъазнаялъул щекъер щулаго ккун букӏарав, республикаялъул бетӏерлъиялде кидагосев кандидат Сайгидхӏусен Мухӏамадов хъулухъалдаса нахъе унев вугин бичӏчӏизабуна Халкъияб собраниялъул сессиялда республикаялъул бетӏер В. Васильевас. Гьеб хабар рагӏарабго «вахӏ» — илан гъванща хъасана сессиялда чанго депутатасги саламатал министразги. Политикаялда хадур халккурал чагӏазда Сайгидхӏусен лъалаан федералияб централда къуваталъулазда гьоркьор кӏудиял бухьеналги ругев, В. Путинил администрациялда мугъчӏвайги бугев, хъулухъалъ тӏаде гьункьун гурони, гъоркье рещтӏине ресго гьечӏев чи хӏисабалда.\nИш батӏайиса бугин бичӏчӏизабуна тӏоцеве казначействоялда тӏаса критикагун цеве вахъарав депутат Салихӏ Хӏажиевас. Гьев жого гьечӏого цеве вахъарав чи гьечӏеблъи бичӏчӏана хадубго депутатасул пикруялъул рахъккун В. Васильев кӏалъайдал.\nСессиялъул тӏоцебесеб бутӏаялдаса къватӏире лъугьарабго, Хъахӏаб рукъалъул жанахӏалъуб цо магӏарулазул депутатас бадирчӏваял гьаруна Салихӏие магӏарул чи какун цеве щай вахъаравинги абун. «Гьесда кӏалъаялъул пайда гьечӏо, гьеб буго чи чӏванин туманкӏалда гӏайиб чӏвай гӏадаб жо. Тункӏида гурелъул букӏунеб гӏайиб, гьеб кьвагьулесдалъидал. Гьевги гьеб абизе витӏарав чи вуго, гьесул хъундахъ ккурав чи хадув кӏалъана», — ян абуна дицаги гьев магӏарул депутатасда.\nХӏасил-калам, гьаб политикияб лъугьа-бахъиналдаса нилъее баянлъулеб буго гьадинаб хӏакъикъат. Кигӏан гӏемер казначей нахъе витӏизе кколин цере рукӏарал нилъер бутӏруз Кремлялде кагътал хъваниги, дора ругез гьел хитӏабал къабул гьарулаан республикаялда жанир унел гӏарцул ва политикияб асаралда сверухъ бакӏалъул къокъабазул кьеркьей гӏадин. В. Васильевас пуланав чиновник нахъе витӏизе кколин ишара гьабуни гӏолеб буго Москваялъе хӏукму къотӏизе. Официалияб къагӏидаялъ казначей тахбакӏидаса махӏрум гьабураб хӏукму бугищали лъазе кӏоларо, амма В. Васильевас сессиялда лъазабуна гьес гӏарза кьун бугилан.\nГьединаб ккана ахир Дагъистаналъул цӏияб тарихалда бищунго щулаго ва халатбахъун тахбакӏ ккуразул цоявлъун рикӏкӏунев вукӏарав республикаялъул хъазначи Сайгидхӏусен Мухӏамадовасул. Гьеб ккола республикаялъул бетӏерас республикаялъул тӏалъи тӏубанго жиндирго кверщалида гъоркье босиялъул гӏаламат. Лъикӏищ гьеб квешищ Дагъистанаялъеяли бихьизабила заманалъ ва ишаз.\n«Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа, хъизамал кьаллъараб театралъул…» абурал шагӏирасул рагӏаби хъвалсараб магӏнаялда гурел, битӏахъе рачӏунел руго жакъасел жамгӏиял ва сиясиял харбазда хадуб халккураб мехалда.\nХабар лъикӏаб рагӏаги."}
{"slug": "6302-rikhdae-khialtiigi-intellektualiyab-g-azavatgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6302-rikhdae-khialtiigi-intellektualiyab-g-azavatgi", "title": "Рихьдае хӏалтӏиги интеллектуалияб гъазаватги", "date": "2019-11-18 13:24:36", "categories": ["history"], "text": "Цебесеб анкьида Махӏачхъалаялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб исламияб конференция.\nРоссиялъул регионаздасаги батӏи-батӏиял улкабаздасаги рачӏарал вакилзабаз бицана жакъа дунялалда киназего гӏаммаб исламияб цо проект гьечӏолъиялъулги, Сириялъул хӏукуматалда данде рагъулел рукӏарал «смертникал» дагьлъиялъулги, чи мекъи ккеялъе интернеталдасан гьарулел хӏалбихьиязулги.\n«Смертникал» дагьлъулел руго\nДунялалда исламалъ кколеб бакӏалъул бицунеб секциялда тӏадчӏей гьабуна Сириялда унеб бугеб рагъуда.\nМасала, Севастополалъул пачалихъияб университеталда хӏалтӏулев гӏарабияв Канах Аммар Махӏмуд Аль-Мутлакил рагӏабазда рекъон, Россиялда гьукъараб террористазул гӏуцӏи — ИГИЛалъул рукӏарал боевиказул 70 процент кколаан «смертниказул». Амма гьелги гьанже дагьлъулел ругила.\nЩайин абуни, гьезда бичӏчӏулеб бугила жидер идеологиялъ жал махсароде кколел рукӏинги.\nСурсатал руго,\n«Рихьдае хӏалтӏиги, ххвалие гьарулел жалги руго гӏемерлъун. Кутакалда гьелъул заралги буго жамгӏияталъе. Щайин абуни, гьелдалъун кӏигьумерчилъиги гӏемерлъулеб бугелъул», — ин бицана тарихиял гӏелмабазул доктор Хӏайбула Мухӏамадсалихӏовасул.\nГьеб рахъалъ исламалде божилъи бугоан гьесул.\nСурсат буго, амма загьирлъун гьечӏо\nАдыгеялъулги Краснодар краялъулги муфтиясул заместитель, философиял гӏелмабазул кандидат Асфар Шаовас рикӏкӏунеб буго гьабсагӏаталда дунялалда исламияб (теологиялъул) центр гьечӏилан.\nГӏусманиязул халифат аралдаса нахъего гьечӏила гьеб.\n«1 400 соналъ данде гьабураб исламияб сурсат буго, амма букӏине кколеб куцалда загьирлъун гьечӏо гьеб. Щайгурелъул нилъеца гӏумру гьабулеб буго исламияб гуреб, бахътӏерхьул Европаялъул къагӏидаялда гӏуцӏараб дунялалда», — ян абуна Асфар Шаовас.\nЦинги суалги лъуна 21 гӏасруялъул бусурбабазда кӏвеладай интеллектуалияб жигьадалде ахӏулеб исламалъул цо глобалияб проект гӏуцӏизеян?\nЗападалъул лозунгалги Краснодар краялъул гимнги\nКъойидаса-къойиде исламалдехун кӏвар цӏикӏкӏунеб бугин, амма гьеб хадуб хъаравуллъи гьечӏого тезе бегьуларин абуна ННТялъул бетӏерав редактор ва политолог Ханжан Къурбановас. Щайгурелъул исламалъул багьанаги батун, чи мекъи ккезавизе рес бугила хасал чагӏаз.\nВаллагь, соцсетазда гӏемерисеб мехалда экстремистал жидедасаги цере ккун ратулилан мукӏурлъана Татарстаналдаса вакилги.\nДагъистаналъул теологиялъул институталъул ректорасул кумекчи Ахӏмад Жамалудиновас ракӏалде щвезабуна экстремистазул кверщаликье ккеялда рес букӏун къараб соцсетазул 280 къокъа.\nАмма гьедин гьабуниги, экстремистазул агитаторал жеги цӏикӏкӏун ратанила: гьел рокъо-рокъоре ракӏаризе лъугьанила.\nОтставкаялда вугев Краснодар краялдаса подполковник Николай Кизимовас бицана гӏолилазулгун бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи жидеца кин гьабулебали:\n«Цо-цо мехалда нижеца халгьабула бакътӏерхьудасан гьанире, Северияб Кавказалде, хасго Чачаналде, «ритӏун рачӏунел» лозунгазулги.\nМасала, гьезул цояб буго гьадинаб: «Если ты не пил вина, не валялся в луже, значит, ты – не россиянин, нам такой не нужен»».\nТӏад балагьун кеп щолеб гӏадаб жо гьечӏищха? Амма гьелъул магӏна буго дол бакътӏерхьул улкабаздасан хасал хъулухъазе нилъер чи мехтун, хӏорилъ гевегахъдулев вихьизе».\nХадуб подполковникас бицана улкаялда гӏумру гьабун ругел гӏадамал, цоцазул культураги тӏабигӏатги бичӏчӏун, цоцаздехун сабруялда рукӏине ккеялъулги.\nГьеб мехалда гьал мухъазул авторалъ гьесда гьикъана дуда Краснодар краялъул гимналъулъ ругел рагӏаби лъалищан.\n«На врага, на басурманина, мы идем на смертный бой!» — гьел рагӏабазе къимат кьезе ккелилан закон цӏунулел идарабазде хитӏаб гьабун букӏана Дагъистаналъул бетӏерлъиялда вукӏаго Рамазан Гӏабдулатӏиповасги.\n«Дида рагӏана гьелъул хӏакъалъулъ. … Амма гьеб захӏматаб суал буго. Нилъехъа гьабсагӏат цоцалъа бахъунги бажаруларо. Дун, Краснодар краялда, хӏалтӏулев вукӏун гурони, гьениса чиги кколаро.\nДун дуда разияв вуго. Амма нилъеда гьеб хисизабизе кӏолареб жоялъул бицинчӏого чӏезе руго», — ян жаваб кьуна подполковникас."}
{"slug": "6303-nuzh-khialtiize-kkola-dir-kochiol-mukh-al", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6303-nuzh-khialtiize-kkola-dir-kochiol-mukh-al", "title": "«Нуж хӏалтӏизе ккола, дир кочӏол мухъал…»", "date": "2019-11-18 14:27:01", "categories": ["lit"], "text": "Унго-унголъунги, сунцадай жакъа борцунеб магӏарул кочӏол роцен?\nЦо-цояз лъагӏалида жаниб лъаб-лъаб нухалда кьолел концертаздай, гьенир ахӏулел цо-цо чӏорогоял кучӏдузе чӏвалеб хъатил гъугъаялъдай, яги бертабазулъ букӏунеб сухӏматалъдай, ялъуни…\nГуро. Мугӏрузгицин бутӏрулги къулулеб, гьезул чундулгицин соролеб гьаракьги биччан, тӏолабго магӏаруллъиялда рокьул дандерижилъун ахӏулеб кочӏол цӏакъго тӏадегӏанаб багьа букӏуна.\nГӏенеккея цо лахӏзаталъ:\n— Борхатаб магӏарде тӏадеги яхун,\nТӏогьоде бикьила духъ ккараб рокьи…\nОгьо-гьой! Гьеб рокьул бацӏцӏалъи. Чӏужугӏаданалъул намусалъул борхалъи. Дандекквезегицин кӏвезехъин гьечӏо гьеб кечӏ цо-цо жакъасел рокьул кучӏдузда.\nЖакъасеб магӏарул кочӏол дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги, кочӏохъабазулги, магӏарул кочӏол борхалъиялъулги хӏакъалъулъ гара-чӏвари ккана дир Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевасулгун.\nГьесул кечӏ кидаго бокьана дие. Гьелъ бицуна нилъее магӏарул миллаталъул тарихалъулги, бахӏарчилъиялъулги, тӏадегӏанлъи-борхалъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьес кечӏ ахӏулелъул, берда цере тӏиритӏула тӏогьода босараб росдал сипатги, лъимерлъиялда кунчӏи базабурал росдал къватӏалги, гьениб лъугьунеб-бахъиналъул нугӏзаллъун кколел росдаде тӏаде къуларал мугӏрулги. Гьелъулъ буго Абакарил кочӏол къуватги – гьелъухъ гӏенеккарасул рекӏел тӏиндеги лъугьун, гьелъул кӏутӏиги хӏалуцинабун, нилъер пикрабазулъгицин ханлъи гьабун бажари. Абакарил кочӏол щибаб рагӏи «хӏалтӏула». Гьеб хӏалтӏулеб гьечӏони, кочӏолъ кепги рещтӏунаро.\nГӏагараб Тӏидиб росдал школалда цӏалулеб мехалдаго, гӏахьаллъулаан Абакар магӏарул кочӏол конкурсазда. Кидаго кколаан цересел бакӏалги. Росулъ гьавурав, росулъ гӏун вачӏнев вугев магӏаруласул рекӏелъ даимго рукъ ккуна унго-унгояб магӏарул кечӏалъ. Гьелъулъ батана гьесда жиндирго талихӏалъул цо бутӏаги. Гьеб кечӏалъ, кверги ккун, нухарегӏана вукӏинесев халкъияв кочӏохъан балъголъабазул цӏураб магӏарул кочӏол дунялалде. Жакъа гьесда кӏвана гьелъул тӏогьазде вахине. Ва гьеб хӏиматаб дунялалдаги буго Абакарил кочӏол хасаб улка. Гьениб буго багьадурлъиги, бахӏарчилъиги, рокьиги, ццинги, магӏуги, релъиги.\nКӏудияб искусствоялде тӏамураб тӏоцересел галабазул бицунелъул, Абакарица ракӏалдещвезабуна:\n— Дун цӏалулев вукӏана анкьабилеб классалда. Росулъе, дунги цӏехон, рачӏун рукӏана «Тайна синих гор» («Хъахӏилал мугӏрузул балъголъи») кино бахъулел режиссеразул къокъа. Гьезда абун буго Советский районалъул (гьанжесеб Шамил район) Тӏидиб росулъ вугин гьеб киноялда кечӏ ахӏизе бугев васасе дандекколеб гьаракьилан. Гьединаб букӏана искусствоялъул дунялалде тӏоцеве дун лъугьунеб лахӏзат.\nАбакар Гӏумархӏажиевас лъугӏизабуна ДГПИялъул музыкалияб факультет. Гьелдаса хадуб хъулухъ гьабуна армиялда, Грузиялда. Гьенибги гьес гьудуллъи къотӏизе течӏо магӏарул кочӏолгун. Гуржияз кӏудияб адаб гьабулаан гьес магӏарул ва гӏурус мацӏазда ахӏулел кучӏдузул.\n1990 сон. Гьелдаса нахъе щуго соналъ Абакар Гӏумархӏажиев хӏалтӏана Казбек районалда. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб «Салатавия» кочӏол ансамбль машгьураб букӏана Дагъистаналда. Дагь-дагьккун тӏадегӏанлъиялде боржунеб букӏана Абакарил кечӏ.\n29 сон барав гӏолиласе кьола «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар.\nГьабсагӏаталда Абакар Гӏумархӏажиев хӏалтӏулев вуго Магӏарул театралда музыкалияб бутӏаялъул нухмалъулевлъун. Гьес бакънал хъвала сценаялда лъолел спекталязе. Гьезда гьоркьор руго «Аманат», «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ», «Булбулалъул кечӏ» ва цогидалги. Гьединго гьев ккола театралда бугеб чӏарадисезул хоралъул гӏахьалчиги.\nАбакарица дие рекӏехъе рикӏкӏана Расул Хӏамзатовасул, Жабрагӏил Хӏасановасул, Мухӏамад Гунашевасул, Залму Батировалъул ва цогидалги магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул.\n— Дие рекӏее гӏураб кечӏ дица лъазабула, цинги ахӏула. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, ракӏалдаги чӏоларо гьелъие къабуллъичӏеб кечӏ, — ан абуна Абакарица.\nГьабгощинаб кечӏ рикӏкӏараб мехалда, цониги ахӏизе бегьиларищан дица абидал, Абакарица ахӏана жиндирго бакъаналда М. Гунашевасул рагӏабазда «Цо берцинай гӏадан херлъулеб мехалъ» абураб кечӏ.\nБотӏрол расазда гӏумруялъул савуялъ хӏасраталъул накъищал угьулеб гьаб заманалда, дир рекӏее гьелъ пашманлъиги рохелги жубараб асар гьабуна. Лъедолей, гьелчолей йикӏана къисматалъул карачелабазулъ, цин рагӏалде рехун, цин жиндирго хӏориний гьукъизаюн. Ахӏана Абакарица цогидал кучӏдулги.\nАхӏана бахӏарчилъиялъул, яхӏ-намусалъул, магӏарул миллаталъул борхалъиялъул хӏакъалъулъ. Гьебгощинаб кочӏода аскӏоб рокьул кочӏое бакӏгойищ гьечӏебилан, дица абидал, Абакарица жаваб кьуна бугизего кӏиго рокьул кечӏ бугин жиндир кучӏдузул гъасдайилан ва ахӏун биччана:\n— Кӏиго берцинаб бер цохӏо надалда,\nЦохӏо дур кьунсрузул кьури гӏолев дун.\nНусго хӏанчӏилаб кечӏ гьеб дур мацӏалда,\nЦохӏо дур рагӏиялъ гӏадаллъулев дун.\nБихьулищха, бегьулеб букӏун буго гьадинабги, чӏужугӏадан мугӏрузулаб борхалъиялда лъолеб, рокьул кечӏ ахӏизеги.\nМагӏарул театралъул артистка, Дагъистаналъул халкъияй артистка Зайнаб Хӏамзатовалъ Абакарил бакъаналда «Ахилчи» абураб кечӏ ахӏулеб рагӏидал, магӏу кквезе кӏолев чиго вукӏун ватиларо театралъул залалда тӏобитӏараб цо тадбиралда.\nБакъназулъги букӏунеб буго инсан асир гьавизе кӏолеб къуват. Гьединал руго абакарил бакъналги. Гьезулъ руго гӏодиги, рекӏел къварилъи-рохелги, хӏанчӏазул чӏириги, лъаразул чилиги, тӏабигӏаталъул рииги, гӏумруялъул их-хаселги, умумузул бахӏарчилъги.\nГьез цин тӏолабго черхалда гъаргъар базабула, цо заманалдаса рекӏеда гӏумруялъ чӏвазабураб цӏер биинабула.\nАбакарил кучӏдулги бакъналги цадахъ хӏалтӏулел руго.\nГьединаб гӏажаибго бацӏцӏадаб кочӏолаб дунялалда магӏарулазе жинцаго рагьараб жиндирго улкаялда жиндирго кечӏ-бакъангун, пахруял ва чӏухӏарал цӏумазул тӏадегӏанаб рорженалда аскӏов вуго жакъа Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевги. Гьеб цӏаралъе гьев мустахӏикълъана 2018 соналъул 4 апрелалда.\nГьединго Абакар хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралдаги.\nГьев гӏахьаллъана Г. Хӏасановасул «Хочбар», М. Хӏусейновасул «Шарвили», М. Кажлаевасул «Валида» ва цогидалги операбазда\nГьалеха гьаданаб буго магӏарул кочӏол багьаги роценги. Кочӏохъ гӏенеккаразда жалгоги жидерго къисматги кучӏдузулъ батулеб бугони, гьеле унго-унгояб магӏарул кечӏ.\nАртистасул рахӏат хвезабун буго, жакъасеб магӏарул кочӏол гъасда «цӏикулел» ругел цӏвабзазул кунчӏи бихьун.\nАмма гьединазул кечӏ гӏемераб заманалъ «хӏалтӏуларо».\nГӏумруялъул карачелабазде данде лъедон бажаричӏеб гьеб нухдаго хутӏула. Унго-унгояб магӏарул кочӏол хӏикматаб гъасда Абакарица бакараб ва гвангъун, гьелегьун рекӏун бугеб хӏасраталъул цӏа даимаб букӏиналда дир ракӏчӏола."}
{"slug": "6304-khvalilgun-dandchivaj-va-tiotsebeseb-pashmanl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6304-khvalilgun-dandchivaj-va-tiotsebeseb-pashmanl-i", "title": "Хвалилгун дандчӏвай ва тӏоцебесеб пашманлъи", "date": "2019-11-18 14:44:34", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Лъимерлъи дир талихӏаб букӏана. Инсуцаги дун бищун гьитӏинав вугилан гогьдаризе гьавулаан.\nГьесда данде рагӏи абизе кӏолев чиги хъизамалда цо дун гурони вукӏинчӏо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цӏураб, вугев цӏакъав василан абураб жо гурони гӏинда чӏвалареб, талихӏаб гӏумру букӏана дир. Цо заманалдаса дие гьавуна гьитӏинав вац. Гьев вукӏана цӏакъго чӏагояб, тирияб, цо бакӏалда чӏезе кӏолареб лъимер. Ракӏалда буго дун гьевгун васандулев вукӏараб мех. Ниж рохун рукӏарал куц гьес тӏоцересел галаби тӏамигун, тӏоцересел рагӏаби абигун…\nРакӏалда гьечӏеб балагь тӏаде бачӏинегӏан. Эбелги, унтарав чиясе хехаб кумек гьабизе аскӏоб бугеб росулъе ине ккун, гьитӏинав вас тола рокъов, дир яцалда аскӏов. Цо параялъ гьелъ тӏаса бер босидал, чайникӏалъул кварги цӏан, гьалараб лъим уна дир вацасде тӏаде. Кигӏан дару-сабаб гьабуниги, гӏемераб мехалъ кӏолеб букӏинчӏо ругънал сах гьаризе. Гьабсагӏаталдаги рекӏелъ къан буго, эбелалъ уколал гьарулаго, гьесул букӏараб гӏоди…\nДица гьарулаан эбелалда уколал гьаругейин, гьесда унтулеб бугин. Гьабичӏони дагьабги цӏакъ унтула, дир василан, абулаан эбелалъ. Гьанже бичӏчӏана дида досул цӏа-кан гӏодобе биччазабизе кӏоларого дол рукӏараллъи. Хасалил сордо… Рогьинегӏан цо лахӏзаталъ чӏечӏого гӏодилеб лъимер… Гьесде тӏаде къулун гьабизе жо тӏагӏарай эбел… Ракӏалда буго цо квачараб хасалил сордо. Эменги вукӏинчӏо рокъов – жиндирго къваригӏелалъ районалдейищ, шагьаралдейищали ун вукӏаравали. Дун ворчӏизавуна гӏодиялъ. Валагьана юргъаналда гъоркьан. Эбел йигоан гӏодулев гьитӏинав вац веэдун, гьевгун квалквадилей. Гьев гӏодове вуссинародаян берцинал, хӏеренал, недегьал рагӏаби гьесда абулей. Цо заманалдаса эбелалъул гьаракь тӏагӏана, вацасул гьаракь дагьабги кӏодолъана. Валагьидал, эбел йиго досда гьумерги цвизабун, нижеда рагӏичӏого букӏине, гӏодилей. Щаялиго дун хӏинкъана вагъаризе.\nДида кколеб букӏана, жийго йихьарайлъи лъани, эбел дагьайги цӏакъ гӏодилилан. Кин кьижун ккаравали лъаларо, ворчӏидал рокъов щивго ватичӏо. Вацал-яцалги кирениги ун ратилаха. Эбелги боцӏи-панз тӏубазе унаан радал. Цохӏо дир гьитӏинав вац вугоан бусада вегун. Дун вилълъана гьесда аскӏове. Чӏахӏиял беразул дир берцинав вацасул бакӏалда дида батана батӏияб лъимер. Жанире рортун арал берал… кӏаркьабазул бакӏалдаги хутӏараб жого гьечӏоан… херав чиясул гӏадал ракъварал кӏутӏбузда тӏогьилаб гъат… хехго босулеб хӏухьел… каранда хъир-хъириги бугоан. Дица хӏалбихьана гьесие ракӏ-макӏ гьабун цо жо абизе, гьев дидехун вуссунев вукӏинчӏо. Къасиялде вуссана эмен. Эбелгун щурун цо жо бицунел рукӏана гӏемераб мехалъ. Канлъиги ссун букӏана. Боркьараб печги, хинаб рукъги, унтараб лъимералде къуларал эбел-эменги. Гъасда цӏадухъа бачӏараб загӏипаб канлъиялъ гьурмал рукӏана гьезул лъаларедухъ хисизарун. Радал дун ворчӏидал рукъ буго гӏадамазул цӏун. Киналго, къацандилел гьечӏониги, цоцазухъ гӏенеккичӏого, цояз цоял къотӏизарун руго гаргадилел. Дида щибго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, чияр гьаркьал руго гӏаданир рагъилел. Эбел-эменги гьечӏо рихьулеб бакӏалда. Гьитӏинав вац вегун вукӏараб бакӏги буго бакӏа-бахарун…\nАзбаралъув эменги цоги чиги ругоан кӏудиял лълъурдузул дегӏен хъолел. Гьурмалги ругоан гьезул кьерхун, дида бичӏчӏулеб букӏана цо лъикӏаб гуреб жо ккун букӏин, амма щиб гьебали лъазе гӏураб бичӏчӏи ва дунял бихьи букӏинчӏо жеги. Цо дагьаб добегӏан цӏадуда кӏудияб росдал хьаг рекъезабулел ругоан кӏигоял. Цӏаги бакун дагӏнил гьан цӏеде ккезабуна росулъа кӏудияв чияс. Дирго гӏелбащадалгун, ракъарал ниж рукӏана гьеб хьагида сверун лъугьун, кидадай гьан белъинаян. Амма дир цо дагьаб рахӏатхвей букӏана. Кӏиго суалалъ букӏана дир рекӏее хӏалхьи толарого. Киве дир гьитӏинав вац арав? Ва кий йигей дир эбел? Гьеб суал кьезеги бокьун букӏинчӏо дие, хӏинкъун вукӏана. Цо дагьаб заманалдаса нижер рокъоре лъугьун ана бихьиназул тӏел. Гьел жанире лъугьаралго, щивго чиго жанив гьечӏебгӏанги сихӏкъотӏиялда букӏараб рокъосан гьаркьал рагӏизе лъугьана. Гьел заман бахъанагӏан кӏодолъулел рукӏана ва гӏодиялде сверана. Циндаго гьеб рукъалъул къадал риххилеб гӏадаб гӏассияб гьаракь бахъана.\nНуцӏа рагьун бачӏана ва дол бихьинал лъугьана рокъоса къватӏире. Рагьараб нуцӏихъ дирго эбелалда бер чӏвана. Гьей дол къваридаб къотӏносан хехго унел бихьиназда хадуй йортизе къваригӏун къеркьелей йикӏана, амма руччабаз ккун, йиччалей йикӏинчӏо ва рокъое жание йилълъаян гьарулеб букӏана. Цо бихьинас чӏезеги чӏун гьаракь гьабуна руччабазде. Гьеб мехалъ бихьана дида гьеб тӏелалда цеве-цеве дир эмен вукӏин ва гьесда кодоб цо тӏогьилаб одеялалъулъ жемараб жо букӏин. Эбел руччабаз жание ячун ана, росдал лъимал бихьиназда хадур рекерун ана. Дун хутӏана чӏобогояб къватӏ бакьулъ чӏун: гӏодулей эбелалде аскӏовейищ инев, дол лъималазда хадувищ векерилевали лъаларого. Инчӏо цонигиязухъе. Мадугьалзабазул цо тӏокъодеги лъугьун, чӏалуялда гӏодовги чӏун, агьиялда гӏодана. Дун гӏодилев вукӏана берда цере тӏамурал вахӏшиял, церехун дида рихьичӏел суратал цере тӏамун. Додинал кӏудиял гьаркьал гьарун гӏодилей йигей эбел. Инсул гьурмада бихьараб къварилъи, хъолаго хъирхъириялда чӏучӏадилеб букӏараб дегӏен, гьитӏинав, щибго бичӏчӏуларев, амма цо кӏудияб балагь тӏаде бачӏун букӏин лъалев дидаго гурхӏун гӏодулев вукӏана дун. Гӏодулев вукӏана балъго, гӏадамазда вихьизе гуринги абун. Гьеб букӏана дир тӏоцебе гӏадамазда рагӏичӏого вукӏине гӏодулеб мех. Гӏемераб заман бана дица доб чӏалуялда кӏусун. Квералги цӏорона. Хӏатӏалги цӏорона. Дун лъицаниги валагьулевги вукӏинчӏо. Киве дун аравалиги лъидаго бихьичӏо ва диде регӏарав чиги вукӏинчӏо. Хадуб букӏараб дагьаб-макъаб буго ракӏалда.\nДида аскӏой цо херай гӏадан… Гьелъ кверги ккун вачунев рокъове… Нижер рукъ… Росдал лъималги чӏахӏиялги чӏарбида гӏодорги чӏун чедгун гьан кунел… Цо чӏегӏераб ретӏел ретӏарай гӏадан кӏудияб гелги босун лъималазе гьагӏу тӏолей… Доб цояб рокъоб столалда нахъа бихьинал… Гьезда гьоркьов эмен… Дида кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, дир эбел гӏодилей йигей мехалъ, кинабго росу щай нижехъ бугеб, лъимал щиб гьабулеб чӏиргъи-хъуялда рохуца холаго гьанир кваналел. Цо бокӏнив вукӏинеги гьавун диеги тӏуна гьагӏу ва кьуна кодобе чед. Дун цӏакъ вакъун вукӏана… гуро, дун вакъун вукӏине кколаан… Амма дида сундулго тӏагӏам лъалеб букӏинчӏо. Гъираго гьечӏого чед чӏамулев вукӏарав дун ахӏана эбелалъухъе. Дида ккана гьаб бецӏаб рокъоре киналниги росдал руччаби ракӏарун ругилан. Эбелалъ тӏадеги яхъун, къвалги бан, дун жиндаго аскӏов гӏодов вукӏинавуна. Хӏалицаго ккун магӏугун абуна:\n— Мун кванаравищ, дир вас?\n— Кванана…\n— Нилъер Элдар кив вугев? — илан байбихьулаго дун эбелалъухъ валагьана… ва ниж кӏиялго цадахъ гӏодун риччана. Руччабиги гӏодана. Гьеб хинаб рокъоб, эбелалда аскӏов кьижун ккун ватана дун. Радал вахъиндал бищун цеве векерана унтарав вац вегун вукӏараб бусаде аскӏове. Гьеб гьанжеги бакӏарун батана. Азбаралъуй ятарай цо дир гӏелалъул гӏадай ясалъ абуна дида:\n— Нужер Элдар хун вуго… гьев хабалалъ вуго, доле дова…\nДолъ килищ битӏун букӏана росдал хабзал ругеб бакӏалде…"}
{"slug": "6312-dir-avaristan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6312-dir-avaristan", "title": "«Дир Аваристан»", "date": "2019-11-19 10:40:36", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Магӏаруллъиялъул къисматалъулги, мацӏалъулги, тарихалъулги кӏулал бетӏергьаби ккола гӏолеб гӏел\nТӏолго дунялалда машгьурлъараб дир магӏаруллъи. Дур цӏаралъе мустахӏикъал васазги ясазги цӏвабзазда хъвана дур цӏар. Дур кьурабазул къебелъухъ лъадарарал гӏолилаз ахӏараб дур цӏар цӏвалъун кунчӏана. Мун – дир чӏухӏиги бухӏиги. Дур мугӏрузул тӏогьиб бусен лъураб бахӏарчилъиги багьадурлъиги гӏасрабаз чӏаго рукӏине руго. Дур цӏар бахъидал, зобалазде цӏаюцӏуна. Пикрабиги твархола, хьулалги роржуна, каранда ракӏалъги рохалил сариназде каву рагьула. Жеги лъиениги бутӏрул къуличӏел дур мугӏрузул тӏогьиеги яхун, ахӏизе бокьун буго:\n— Дие мун бокьула, дир Аваристан, — илан.\nДир гӏумруялъул рогьелги мун, къисматалъул гьогьенги мун…\nГьадинал пикрабазулъги машгъуллъун уней йиго Н. Юсуповасул цӏаралда бугеб республикаялъулаб лъималазул библиотекаялде. Библиотекаялъул директор Султанат Загьидовалъ, лъималазул отделалъул нухмалъулей Насихӏат Мухӏамадовалъ гӏемер тӏоритӏула магӏаруллъиялъе сайгъат гьарурал тадбирал. Гьаб нухалдаги Магӏарул кочӏол гъасда гьез бакана иргадулаб цӏа. Махӏачхъалаялъул №№ II, 8, 50, 46 школазул цӏалдохъабиги, учительзабиги, шагӏирзаби Гӏайшат Малачиеваги, Залму Мухӏамадоваги, Тубхӏат Зургьаловаги, Гӏалихӏажи Мухӏамадовги гӏедегӏун рачӏунел рукӏана гьеб кӏудияб цӏадухъе жидерго цӏаялги росун.\n«Дир Аваристан» абураб тадбир рагьана ва нухда бачана библиотекаялъул хӏалтӏухъан Гӏайшат Мухӏамадовалъ.\n— Гьале дол цӏумаз бусун лъолел рорхатал мугӏрулги, нилъер щивасул гӏумруялда мугьрулъун хутӏарал мугӏрул сухъмахъалги, мугӏрузул каранда тӏабигӏаталъ угьарал хӏайранал росабиги, жиндир щибалъул хасаб тарих бугеб щибаб росдал щибаб гамачӏги. Унго, рес бугебани, гьел кӏалъазе риччазе. Щибдай гьез нилъее бицине букӏараб? Чан балъголъидай рагьизе букӏараб?\nГьединал суалал кьолел рукӏана дицаго диего, Аваристанлъул росабазул хӏакъалъулъ видеофильмалъухъ ялагьидал. Цӏалдохъабаз «сапар» бухьана мугӏрузул районазде. Гӏумруялъул аслу Аваристаналъул мугӏрузда бугел гьел хӏайран гьарун рукӏана магӏаруллъиялъул берцинлъиялъ.\nМагӏарул мацӏалъул байрамалде сверараб тадбиралда гӏахьаллъарал магӏарул мацӏалъул учительзаби Шамай Хъазанбиевалъ, Элмира Жамаловалъ, Хатимат Мухӏамадовалъ, Патӏимат Расуловалъ, Патӏимат Гӏумаровалъ бицана шагьаралъул школазда рахьдал мацӏал малъиялъулъ иш кин бугебали.\nГьез ракӏалдасан пасихӏго цӏалана, ахӏана магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул, кьурдана. Гьединго гьез рихьизаруна хъвадарухъабазул асараздаса учительзабаз лъурал спектаклязул бутӏабиги.\n— Бугебдай дунялалда кинаб бугониги къуват, гьаб байрамалъул хӏайранлъиги берцинлъиги нилъехъа бахъизе кӏолеб? Щалха гьел – магӏарул кьурабаздасаги къуватал кколел, гьез кьучӏ лъураб рокьи гьукъизе. Киданиги къине гьечӏо магӏарул кочӏол хӏасратаб гьаракьги, рорхатал мугӏрул гурони тӏасарищуларел цӏумазул рорженги, гьеб роржадул борхалъуда бугеб магӏаруллъиялъул ссиги!\nГьединал пикрабазда йикӏана дун, гӏагараб магӏарул мацӏалда кӏалъалел лъималазухъги гӏенеккун. Гьезда жеги бичӏчӏулеб гьечӏо магӏаруллъиялъул къисматалъулги, мацӏалъулги, тарихалъулги кӏул жидеда кодоб букӏин.\n«Лачен» журналалъул редактор Гӏайшат Малачиевалъ цӏалдохъаби рачана жиндирго адабияб дунялалде. Гьениб хасаб бакӏ ккола лъималазе хъварал кучӏдузги харбазги. Бицана гьелъ журналалъулги гьелъул гьудулзабазулги хӏакъалъулъ. Цӏалана жиндирго кучӏдулги.\nЛъималазул ракӏазулъе даимго лъурал жиндирго нухалгун, анищалгун йигей шагӏир Тубхӏат Зургьалова кӏалъазе яхъиндал, гӏажаибаб чӏаголъи лъугьана байрамалда. Гьей ячӏана релъигун, рохелгун, лъималазул гӏадаб рекӏел тӏиндаса бурун бачӏунеб рокьиги босун. Цӏалана жинцаго лъималазе хъварал кучӏдулги.\nХадусеб ирга щвана шагӏир Залму Мухӏамадовалде. Гьелъги гьарана лъималазе гӏагараб ракьалде рокьиги, магӏарул мацӏалде кӏудияб гӏищкъуги, гьезда мацӏ малъулел ругел учительзабазе сабруги. Цӏалана лъмалазе хъварал жиндирго асаралги.\nЦӏалдохъабазде мацӏ цӏунеян хитӏаб гьабуна шагӏир Гӏалихӏажи Мухӏамадовасги. Гьес цӏалана жинцаго магӏарул мацӏалде хъвараб кечӏги.\nГӏалихӏажиясул махщел буго кучӏдул хъвазе гуребги, магӏарул пандурги хъван кечӏ ахӏизеги. Гьеб дандеруссиналдаги ахӏана гьес чанго кечӏ. Нахъеги бохана магӏарул пандур. Гьелъ гӏенеккаразе бицунеб букӏана унго-унгояб магӏарул кочӏол къисаги къисматги.\nБайрам берцин гьабун букӏана тадбиралда гӏахьаллъарал магӏарул кочӏохъаби Патӏимат Гӏабдулаевалъ ва Элдар Гьитӏиновас. Гьез ахӏарал кучӏдулгун цадахъ байрамалъул гӏахьалчагӏаз цӏцӏуна мугӏрузул цӏияб гьаваги, гӏенеккана хӏанчӏазул чӏирчӏириялъухъги, лъаразул чилиялъухъги. Цебесаго унеб букӏинчӏо, гьеб киналъго аххги бачун, сасун бугеб магӏаруллъиялъул чӏухӏараб сипат.\nЛъугӏана Аваристаналъул кӏодолъиялъулги борхалъиялъулги бицунеб тадбир. Магӏарул кочӏол гъасда бакараб иргадулаб цӏадухъ хинлъи батана гӏисинал магӏарулаздаги. Биччанте кӏудияб цӏаялде гъорлъе журарал гьезул гӏисинал цӏаялги абадияллъун ратизе."}
{"slug": "6314-mun-jigo-dir-ebel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6314-mun-jigo-dir-ebel", "title": "«Мун йиго дир эбел»", "date": "2019-11-19 16:07:20", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул театралда цӏияб спектакль\n1980-абилел соназул ахиралда бихьун букӏана дида «Мун йиго дир эбел» абураб спектакль. Дол соназда гьеб лъун букӏана ДРялъул халкъияв артист Салихӏ Имангъоловас. Гьанже гьеб цӏигьабуна РФялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадовасул хӏаракаталдалъун.\nКъокъго бицани, аслияб масъала букӏана ритӏухълъи цӏуни. Цо хъизамалда гӏолей кӏиго яс: цояй – рукъалъул тӏалабалда, цогидай – ихтилат-кепалда. Рукъалъул тӏалаб гьабулей Зарипатида (ДРялъул халкъияй артистка Наира Хӏабибулаева) ракӏгъеялда гӏумру тӏамулей Диляраца (ДРялъул мустахӏикъай артистка Амантула Къебедова) абула, мун киданиги росасеги инарин, къватӏулъан гьабураб дир лъимер дуца хьихьеян абун. Щай Зарипат гьелъул рагӏабазда божарай? Лъаларо. Амма яцалъул рогьо бахчизе хӏаракат бахъана гьелъ ва, чияр росулъеги гочун, жиндирго вас гӏадин хьихьана Мирзахан (арт. Мухӏамад Дудуев). Эбелалъулаб хӏеренлъиялъги хӏасратаб рокьуцаги веэдун гӏола Мирзахан. Амма гьесие кидаго камун вукӏуна эмен. Гӏелцоялгун васандулагоги, дагӏба-къец ккараб мехалдаги гьесда кидаго рогьо бала къватӏулъажоян абун. Гьеб сабаблъун чанцӏулго вагъизеги ккана гьев.\nОгь, нилъ чӏухӏулеб куц, нилъер лъимадуе бергьенлъи щвараб мехалда! Мирзаханил азбаралдаги «байрам» рещтӏинчӏого букӏинищха! Маян абун, гьесие бергьана лоторея. Гьебмехалда ракӏалдещола гьев чохьол эбелалдаги дунялалдаса кеп босулаго гӏумру унев инсудаги. 16 соналъ васасул хабарго цӏехечӏей Диляра ячӏуна, хирияв васасухъ урхъиялъул бицине, гьев жиндаго аскӏове вачине хьулалда. Лъимаде йикӏаго, Диляра рехунтарав Керимил (ДРялъул мустахӏикъав артист Гӏабдухаликъ Гӏабдухаликъов) рекӏелъцин кунчӏана киданиги жиндие загьирлъичӏеб инсулаб рокьул цӏадул хӏенехӏ. Гьев расги нечоларо Зарипатил азбаралде вачӏинеги гьелъул мулкалдаса пайда босиялда тӏад ургъизеги. Бихха-хочула Мирзаханил гӏакълуги: кӏиго баба, кӏиго дада… шагьаралда минагун машина. «Гьанже лъицаниги абиларо дида къватӏулъажоян абун» — гьеле гьесул рохалие аслияб гӏилла. Амма Зарипатицаги росдал маххул къебед Абакар-дацицаги (Мухӏамад Нурмухӏамадов) кьураб тарбия гӏадада ккечӏо. Кумекалъе ятана Мирзаханил гьудул Гулзараги (арт. Аминат Булачева).\nЭбеллъун йикӏине мустахӏикъай гӏадан тӏатинайизе гьес хӏалтӏизабулеб къагӏидаялдасаги бихьула тарбиящвеялъул хӏасил. «Кьабе дида гьаб цӏал!» — ан тӏалаб гьабула гьес цин чохьол эбелалда, хадуб инсуда, хадубги эменлъи гьабизе разилъарав эбелалъул рос Имамудинида (ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Нурмухӏамад Нурмухӏамадов) ва живго хьихьарай эбел Зарипатида. Кинай эбел унго-унгояйлъун рикӏкӏарай Мирзаханица ва кьабанищ гьесда цӏал? Дица гьелъие жаваб кьеларо. Амма рехсела спектакль ракӏалда чӏеялъе цоги гӏилла. Тарбиякьеялъул бицунеб асаралда чарагьечӏого букӏине ккола школалъул яги учителасул сипат. Гьаб спектаклялдаги буго гьеб. Амма дица гьеб дол соназдаго рикӏкӏана гӏаксияб сипатлъун.\nЙохъ, учительница гьединайлъун йикӏине бегьуларо! Мирзаханил классалъул нухмалъулей Самеда йокьичӏо дие. Артистка Разият Дибировалъухъа бажарана гьелъул хъачӏлъи, согӏлъи, бесдаласда яги янгъизасда гурхӏунгутӏи загьир гьабизе. Спектаклялъухъ балагьараб мехалда бичӏчӏулеб буго гьелъул хъизам гьечӏолъи, лъимер гьечӏого херлъизехъин йигеблъи. Зарипатил эбелалъулаб талихӏалда ракӏчӏегӏерлъун, лъикӏаб тарбияги кьун, росуго чӏухӏарав вас гӏезавун гьелъухъа бажариялъ мекъи ккезаюн йиго гьей «учительницаян» абизецин бачӏунарей спектаклялъул багьадур. Учителасул махщалие цӏалулей йикӏарай дие дол соназда гьеб сипат лъугьана унго-унгояб дарслъунги, рокьукъаб хасияталъул мисаллъунги.\nДунялалда тӏад чан чи ватаниги, гьедигӏанасеб буго цоцада гьоркьоб батӏалъиги. Рокьуда аскӏоб ццим, ритӏухълъиялда хьолбохъ – гьереси, ракълил лъалкӏда хадуб чӏараб питнагун кьал – гьеб буго гӏумру, лъикӏлъиялъулги квешлъиялъулги кидагосеб къец. Магӏарул маданияталъул кӏалгӏаялъухъ гьоболлъи барасе рес буго, хӏакъикъиял лъугьа-бахъиназулги гӏадамазул гьоркьорлъабазулги мисалаздаса пайдаги босун, жиндирго ракӏалъ къабул гьабулеб нух тӏасабищизе. Театралъ, ай сценаялда ролал хӏалел актераз, гӏицӏго бихьизабизе буго лъикӏлъиялъулги квешлъиялъулги нухаз нилъ рачине ругеб борхалъи яги гъваридаб кӏкӏалал тӏину."}
{"slug": "6315-gudull-iyal-ul-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6315-gudull-iyal-ul-nukh", "title": "Гьудуллъиялъул нух", "date": "2019-11-19 17:12:23", "categories": ["pismo"], "text": "Гӏодосанго мадугьаллъиялъул лъикӏал гьоркьолъаби ратана Шамил районалъул Бакълъухъ, Гӏасаб ва Гӏахьвахъ районалъул Изано росабазул жамагӏатазда гьоркьоб.\nМегӏер-гӏалахалъулги гӏи-боцӏулги дагьабищха цоцазе кколеб жо букӏунеб гӏорхъицоял мадугьалзабазул. Умумулъанго киналго суалал гьел росабаз тӏуразарулелги ратана гьудуллъиялда. Цоцазул хӏурматги цӏунун.\nРосабазда гьоркьоб бухьеналъе квербакъулеб тӏеренабго кунлъун букӏана Изаноса Хӏапури мегӏер къотӏун Гӏасабе унеб чӏедерабго нух. Советияб власталъул соназда гьудуллъиялъул гьоркьорлъаби жеги гӏатӏилъана. Гьединал шартӏазда чӏедераб нухалъ гӏей гьабулеб букӏинчӏо. Пикру ккана машинадул нух бахъизе. Изано ва Гӏасаб росдал жамагӏаталъ субботникал гьарун, техника хӏалтӏизабун, жамагӏаталъул газа кьурдаги рекӏунилан абухъего, 1972 соналда байбихьараб гьеб иш хехго рагӏалде бахъана. Нух данде щвараб бакӏалде рачӏана тӏоцересел машинабиги.\nГьениб кӏалъазе рахъарал жамагӏатчагӏаз, масала, мунагьал чураял Гӏасаса Мурад Гӏалиевас, Изаноса Тахту Дибиргъазиевас бицана росабазда гьоркьоб гӏодосанго ратарал гьоркьорлъабазул. Гӏолилал ахӏана умумузул лъикӏал гӏадатал хадурккунги хӏалтӏизаризе. Цӏияб нухда цӏарги тана «Гьудуллъиялъул» абун.\nХадубккун гьеб нухлул тӏалаб гьаби росабазул советаз тӏаде босун букӏарабани, жакъа газеталда гьелъул пашманаб къисматалъул хӏакъалъулъ хъвазе ккечӏого букӏинеги бегьулаан. Амма гьелъул тӏалаб гьабичӏо, сухъмахъалде сверун буго.\nКӏиябго росдае гуребги пайда букӏана нухлул. Риидал мугӏрузде, хасало гъутабазде гьеб нухккун Хӏапури магӏардасан хьвадула Лъаратӏа, Шамил, Цӏунтӏа ва цо-цо цогидалги районазул магӏишатазул гӏемераб гӏи-боцӏи. Хӏужаби рукӏана магӏарда къварилъи ккун нух гьечӏолъиялъ гӏужда кумек щвечӏого пашманал лъугьа-бахъинал ккеялъул. Масала, Изано росдал колхозалъул ракьалдасан руго Шамил, Лъаратӏа, Цӏунтӏа ва цогидалги районазул колхозазул гӏи-боцӏи гочунел нухал. Кьварараб тӏабигӏаталъул бакӏги буго гьеб. Гьеб лъикӏго лъала гӏухьбузда. Хасго къварилъи бихьула гьезда хаслихъе гъутабазде тӏадруссун унаго — гьениб цудунго бала гӏазу, ракӏалдаго гьечӏого пула гьури. Амма изандерица мадугьалзабазул гӏиядаги цадахъ ругел гӏадамаздаги гӏакъуба бихьизе толаро.\nГьеб букӏана 1965 соналъул октябрь моцӏалъул бакьулълъи. Хинго, роцӏун букӏана дунял. Амма цинтӏаго Хӏапури мугӏрузда тӏад тӏупун лъуна чӏегӏерал накӏкӏал, кӏиго галиялъ цебе бугеб жоцин бихьулареб хӏалалда базе лъугьана гӏазу. Минуталдаса минуталде гьеб биццалъизе байбихьана. Бакъаниде бащдаб метралдасаги биццалъана гӏазу. Ракӏалдаго гьечӏого байбихьана буран. Гьеле гьеб заманалда изандерил росулъе хабар бачӏана мугӏруздаса нух бахъизе кӏоларого гӏиги гӏадамалги ругилан. Колхозалъул председатель Мухӏамадов Ибрагьимил бетӏерлъиялда гӏухьбузе кумекалъе вахъана гьеб гьитӏинабго росулъа хӏетӏе багъаризе кӏолевщинав чи. Гӏужда щвана магӏарде кумек. Бакӏ-бакӏалде рикь-рикьун ратана Лъаратӏа районалъул Гьагьар росдал ва Цӏунтӏа районалъул Кьадали росдал колхозалъул гӏиял рехъаби, тӏабигӏаталъул гьеб балагьалде данде къеркьолаго квачанги сваканги ратана гӏияхъаби. Гьел росулъе хинлъизеги ритӏун, кинабго дандеги бакӏарун, камизе течӏого гӏи гьезухъе кьуна изандерица ва кӏиабилеб къоялда хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде щвезегӏан гӏи щвезабизеги ана. Гьединаб хӏинкъиги нух бахъараб заманалда тӏаса ун букӏана. Гьелдаса батӏиябги, Гӏахьвахъан Махӏачхъалаялде бугеб нухги гӏезегӏанго къокълъулаан.\nГьанибго бихьизабизе кола, цӏияб нух бахъизе санагӏат буго гьоркьоб инчӏго километр гурони гьечӏеб Тӏасабакълъухъ росулъе. Гьелъул кӏудияб кӏварги буго. Кӏудияб Ватӏанияб рагъ Грозниялде гӏагарлъухъе щведал, Изано росулъе витӏун вачӏана инженер, цадахъ хӏалтӏухъабигун. Хехаб заманалда жаниб Хӏапури габурлъухъан нух бахъиялъе тадбирал гьаруна ва байбихьана гьеб бахъизе. Гьенисан ине кколаан нахъе къалел аскарал. Кавказалдаса рагъ нахъе къараб мехалда, Хӏапури габурлъухъе щведал нух бахъиги гьоркьоб къотӏизе тана. Гьеб нух бахъулев вукӏарав инженерги къадаралде щвана ва вукъун вуго Изано росулъ."}
{"slug": "6316-resgi-bugoni-rezgi-bugoni-kiigogi-yachunej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6316-resgi-bugoni-rezgi-bugoni-kiigogi-yachunej", "title": "Ресги бугони, резги бугони, кӏигоги ячуней", "date": "2019-11-19 17:48:26", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цо лъади — цо унти, кӏиго лъади — кӏиго унти\nСентябрь моцӏалъул ахирисел къоязда «Россия-24» телеканалалдасан кьолеб букӏараб передачаялда Россиялъул бусурбабазул идараялъул нухмалъулев, муфти Равил Гӏайнудиница бицана цӏикӏкӏарасеб къадаралда бусурбабаз гӏумру гьабулел регионазда цо яги кӏиго лъади ячин законияблъун гьабуни лъикӏаб букӏинаанин.\nГьединабго пикру буго Москва шагьаралъул муфти Илдар Гӏаляудиновасулги. Регионал цӏехечӏого, улкаялдаго лъудби гӏемер рачунеб къагӏида тӏибитӏизаби лъикӏаб букӏинин абуна гьесги. Гьедин гьабуни, гӏемерго дагьлъила киса-кибего тӏегьалеб бугеб хъахӏбалъи. Гьеб къагӏида цебего хӏалтӏулеб буго Татарстаналда, Чачаналда, Дагъистаналда ва цо-цо цогидалги регионазда. Россиялда бихьиназдаса руччаби 10 миллионалъ цӏикӏкӏун руго, гьединлъидал лъудби гӏемер рачин законияблъун гьаби рикӏкӏине ккола бихьинчияс кӏиабилей ва лъабабилей лъадиялъул ихтиярал цӏуни жиндего тӏаде босилъун.\nЛъудби гӏемер рачиналъул суал гьанже борхараб жо гуро. 2015 соналдаго Чачан республикаялъул бетӏер Рамзан Къадировас абун букӏана: «Лъудби гӏемер рачиналъул аслияб магӏна ккола цӏуял жалазда сверун бихьинал сентӏечӏого рукӏиналъе ва гӏемерал лъимал гьариялъе умумузго ургъараб камилаб тадбир. Щай бегьулареб бихьинчияс кӏигоги, лъабгоги, ай жинда хьихьун бажарулеб къадаралда (шаргӏалда рекъон) лъудби рачине», — ян.\nКазаналъул мажгиталъул имам Илнар Зиннатулиница бицана: «Чӏужугӏадан киданиги разилъуларо росас кӏиабилей лъади ячине. Амма росас гъоркь йигелда кӏиабилей чӏужу ячараблъи бицинчӏониги, ригьин хӏакъикъияблъун рикӏкӏуна», — ян.\nРоссиялъул динияв ва жамгӏияв хӏаракатчи Андрей Кураевас абулеб буго лъудби гӏемер рачин улкаялда билълъанхъизабулеб букӏанила Россиялъул империялъул заманалдаги. «Дица рикӏкӏуна гьеб хӏинкъизе ккараб масъала гурилан. Масала, Россиялда Кавказалъул бусурбабаз гӏумру гьабулаан шаригӏаталъул законазда рекъон, гьезул бихьиназ кӏигоги, лъабгоги лъади ячин букӏана гӏадатияб ишги», — ян бицана А. Кураевас.\nШаригӏаталъги абулеб буго лъудбузе къваригӏанщинаб чӏезабун бажаруларев бихьинчияс кӏиабилеб ригьин гьаби хӏарам кколин. Шаргӏалда рекъон, бусурбанчиясул ихтияр буго ункъо чӏужу ячине. Гьездехун ритӏухълъи чӏезабун, кванидалъунги ратӏлидалъунги хьезарун ва мина-рукъалъе санагӏалъи гьабун бихьинчиясухъа бажарулеб бугони, гьес ункъоги ячине бегьула. Амма исламалъ лъикӏаблъун рикӏкӏуна цо лъиди йигеб хъизам, кӏиабилей ячине бегьула рес къотӏидал, масала, лъади лъимер гьабуларей йигони.\nРоссиялъул законалда рекъон, гьукъараб буго чанго чӏужу ячине. ЗАГСалда гьабуларо кӏиабилеб ригьиналъул хъвай-хъвагӏайги. Амма гӏемерисез гьеб иш магьариги лъун тӏубазабула. Аслияб къагӏидаялда кӏиабилеб ригьинги гьабула ресалда ругел бихьиназ, ай кӏиабилейги хьихьун бажарулез.\nГьаб макъала хъвалаго ракӏалдещвана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Пуланаб унтиялъ кӏвекӏулей лъадуца, гьоркьоса къотӏичӏого, росасда абулеб букӏун буго: «Гьаб унтудаса дун йорчӏуларо, дуеги магӏишат гьабизе лъади ячинчӏого мун тӏуваларо, дун чӏаго йикӏаго цӏияй лъади яче», — ян. Ячун йиго гьесги. Ригьин баркизе рачӏаразда унтарай лъадуца абулеб букӏун буго: «Росас цӏияй лъади ячараблъи лъайдал, цӏадул горде ретӏараб гӏадаб асар лъугьана чорхое», — ян.\nГьеб масъалаялда тӏасан цо-цоязул пикруги цӏехана нижеца. Масала, гӏалимчи Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас абуна:\n— Гъоркь йигей лъадиги къварид гьайичӏого, тӏаде ячаралъеги гӏумру гьабиялъе лъикӏал шартӏал чӏезарун бажарулев бихьинчиясе исламалъ изну кьола кӏигоги, лъабгоги чӏужу ячине. Амма кеп-гӏоркьалъе гӏоло кӏиабилей лъади ячин ккола хӏакъ бугеб жо. Шаргӏалда буго, руччаби къоролъуда тогейин абун. Бесдаллъиялда, язихълъиялда ва къороллъиялда ругел руччаби кӏиабилей ва лъабабилей лъадилъун ячин, кири цӏикӏкӏаб жоги ккола», — ян.\nЛейла Ахӏмадова, лъаялда рекъараб хӏалтӏи балагьулей йигей гӏадан:\n— Дун киданиги разилъиларо росас кӏиабилей лъади ячине. Щайгурелъул, дида ракӏчӏун лъала нилъер бихьиназ цого хӏалалда лъудби хьихьулареблъи. Щияй чӏужугӏаданалъе бокьула гъасда жинцаго ханлъи гьабизе. Батӏияб жо буго гъоркь йигелъул разилъи бугони.\nГӏали Мухӏамадов, мустахӏикъаб хӏалхьиялда вугев пенсионер:\n— Шаргӏалда буго хьихьизе бажарулеб бугони, гӏадлуялдаги чӏолел ругони, бихьинчияс ункъоги чӏужу ячине бегьилин абун. Амма лъудби рачине ккела магӏишаталъухъ ва гӏадлу гьабизе бугеб бажариялъухъ балагьун. Гӏадатияв чиясе цо лъади гӏунги тӏокӏай йиго. Абиги гьечӏищха, «цо чӏужу — цо унти, кӏиго чӏужу — кӏиго унти», — ян абураб.\nСаида Тӏагьирова, учительница:\n— Дидаса балъго росас цоги чӏужу ячун ятани, дица гьесда битӏахъе «мама» бачинабила. Амма бихьинчиясда кӏигоги лъабгоги лъади хьихьун бажарулеб бугони, россал гьечӏел руччабазе гьеб лъикӏаб садакъа букӏина. Чара гьечӏого гъоркь йигелъул разилъи цӏехезе ккелаха.\nЦо-цо экспертазул баяназда рекъон, Россиялда бихьиназул 90 проценталъ лъудбузеги, лъудбузул 60 проценталъ росабазеги хияналъи гьабулеб буго. Гьелъул хӏасилалда, лъималазул 30 процент кколеб буго къватӏулъа гьарурал. Гьелъул хӏасилалда ккола квешал унтаби, биххула хъизамал, гӏемерлъула къватӏахъ хутӏарал лъимал… Гьединлъидал, лъудбиги лъималги хьихьизе гӏураб ресалда ватани, законалъ бихьинчиясе изну кьезе ккола чанго ригьин гьабизе."}
{"slug": "6358-magiarul-teatralda-tsiiyab-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6358-magiarul-teatralda-tsiiyab-son", "title": "Магӏарул театралда – Цӏияб сон", "date": "2019-11-25 08:52:13", "categories": ["lit"], "text": "Гьазул цӏаралги цӏвабилъун кунчӏана\n20 ноябралда Махӏачхъалаялда, Магӏарул театралъ рагьана жиндирго 85-абилеб сезон. Гьеб букӏана миллияб театралъ цохӏо жиндиего хасаб цӏияб соналъе гьабулеб дандчӏвай.\nТӏолабго миллаталъулго байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Жидда шагьаралда вугев Россиялъул генералияв консул Багьавудин Гӏалиев, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов, Басир Инусиловасул яс Шумайсат Инусилова, Муса Гӏабасовасул васал Хӏажи ва Шарапудин Гӏабасовал ва цогидалги магӏарулал.\nТеатралъул гъасда бакараб магӏарулазул цӏадухъеги, гьенибго жанахӏалъуб рагьараб магӏарул годекӏанире рачӏарал магӏарулазе театралъул актераз бицана миллияб театралияб маданияталъул чӏухӏилъун кколел, гьениб жидеего хасал, кӏочонарел лъалкӏалги тун, хвел гьечӏеб даимлъиялде арал актеразул хӏакъалъулъ.\nТадбир рагьана ва нухда бачана театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас. Гьес цоги нухалда ракӏалдещвезабуна театралъул тарих. Гьелъул цӏадул тӏоцересел хӏенхӏал кунчӏараб Хунзахъ районалъул бетӏерги гӏахьаллъана байрамалда.\n1935 сон. Хунзахъ росу. Гӏабдурахӏман Магаев.\nГьес кьучӏ лъураб театралъ нахъа тана 85 сонилаб сухъмахъ. Унго-унголъунги гьенир кунчӏанщинал цӏваби. Гьезул щибалъул буго жидерго къисаги къисматги. Гьеб сордоялъ магӏарулазул рокьул гъасда бакараб цӏадухъ гьоболлъи бана гьез. Гьале гьел магӏарулазул чӏухӏилъун кколел, гьеб сордоялъ ракӏалдещвезарурал артистал – юбиляразул цӏарал:\nДАССРалъул халкъияв артист Гӏабдурахӏман Магаев, Россиялъул халкъияй артистка Зайнаб Набиева, РСФСРалъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Къурбанова, РСФСРалъул мустахӏикъав артист Басир Инусилов, РСФСРалъул мустахӏикъай артистка Гӏайшат Мамаева\n(Нижеца гьезул щивасул хӏакъалъулъ хъван букӏана газеталдаги).\nГьезул театралияб нухалъул хӏакъалъулъ байрамалъул гӏахьалчагӏазе бицана жакъа театралда хӏалтӏулел ругел гӏолохъанал артистал Мухӏамад Дудуевас, Асият Гӏабдулатӏиповалъ, Разият Дибировалъ, театралъул художествияв нухмалъулев Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас ва цогидазги. Байрамалъе хасаб гугьаралъул берцинлъи кьун букӏана дол кӏудиял артистазул лъимал, жегиги театралъе гьаитӏичаллъун хутӏун ругел Шумайсатил, Хӏажил ва Шарапудинил кӏалъаяз.\nШумайсатица бицана, инсуца Гӏалил роль хӏалеб мехалда (Р. Хӏамзатов «Магӏарулай) жиндирго рекӏел букӏараб хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n— Гьитӏинай дунги цо-цо мехалда унаан спектаклязде инсуда цадахъ. Бищун цее гӏодойги чӏун, чӏухӏун йикӏунаан дун, инсухъги ялагьун. Цо заманалдасан вугоха эмен цо гӏаданалде ахӏдолев «Дир ханжар, Хадижат», — илан. Гьей гӏаданалъ ханжар бачӏинги дун сценаялде, дадахъа ханжар бахъизе, кӏанцӏиги цадахъ ккана, — ян бицана гьелъ, эмен ракӏалдещвезавулаго гирун рачӏунел магӏил гаралги рацӏцӏунаго.\nГьединалго ракӏалдещвеял рукӏана Муса Гӏабасовасул васазулги.\nГьеле гьединаб къуват буго театралъул – гӏумруялъул чӏвабзаз рачунел гӏажаибал сариназухъ гӏенеккизе гӏадамал данде гьаризе кӏола гьелда. Гьеб сордоялъги, артистал ракӏалдещвезарулелъул, берда цебе рещтӏунеб букӏана гьезул рахӏат гьечӏеб, хӏалхьи лъалареб гӏумруги, нахъасаго бахъулареб гӏадамазул кӏалги. Хасго захӏмат букӏана руччабазе. Гьебги ракӏалдещвезабуна Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас.\n— Чан нухалъ лъугьарал артисткабазул тухумалъул бихьинал гьезие гӏадлу гьабизе, хӏатта чӏвазегийиланцин, амма бергьана театралде бугеб рокьи. Ва гьезда жидерго талихӏ батана магӏарул театралда, — ян абуна гьес.\nУнго-унгояб магӏарул кечӏ-бакъанги рагӏана гьениб.\nМагӏарул халкъиял бакъназда кучӏдул ахӏана театралъул артистаз.\nБайрамалде рачӏунел магӏарулазда дандчӏвай гьабулеб букӏана магӏарул зурмида рачунел хӏикматал сариназ. Сверухълъиялдаго бан бугеб гьелъ цебечӏезабулеб букӏана магӏаруллъи.\nИсанасеб сон театралъул бугелъул, магӏарулазда ва театралъул коллективалда байрам баркизе ва театралъул гӏаламат Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловасухъе кьезе Дербенталдаса вачӏун вукӏана Лезги театралъул вакилги.\nМагӏарул театралъги гьеб гӏаламат кьезе буго республикаялъул Операялъул ва балеталъул театралъухъе.\nГьединаб адаб-хӏурматалда цоги нухалда ракӏалдещвезаруна театралъул «Меседилаб фондалда» жидерго хатӏалъ жидерго къиса хъварал артистал.\nАхӏун бахъинчӏеб кечӏ къваридго буго\nТеатралъ жиндирго Цӏияб соналде дандчӏвай гьабуна «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектаклялдалъун.\nНахъеги судана согӏал ругънал, доб гӏасияб рагъул сипаталъ цӏидасан ханлъи гьабуна спекталялъул ралагьаразул пикрабазда. Жиб ракӏалдещведал, тӏолабго черхалда гъаргъар балеб сурукъаб куцалъул рагъда чӏваразухъ цӏидасанги гӏодана жеги гьезухъ угьдулеб бугеб кечӏ.\nМагӏарулъи. Хунзахъ росу. Театралда рухӏ лъурав Гӏабдурахӏман Магаевги театралъул артисталги хӏадурлъулел руго цӏиял спектаклязде. Ролал. Ролал. Ролал…\nАмма гьел талихӏал лахӏзатаз гьезул цонигиясда бичӏчӏулеб букӏун батиларо жидеца хӏазе бугеб аслияб роль гӏумруялъул нуцӏида кӏетӏелеб букӏин.\nТеатр рагьаралдаса гьелъулгун кӏудияб гьудуллъи ккарав Цӏадаса гӏакъил Хӏамзат кӏудил гӏумруялъул дарсаз гьалагаб цӏа бакана мугӏрузул цӏумазул борхалъиялда жидеца магӏарул намус лъурал гӏолилазда.\nТӏабигӏаталъги Тӏадегӏанасги унго-унголъунги Цӏадаса Хӏамзатида релълъараб сипат кьурав Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏлсен Казиевас роль хӏалелъул, цересаго унел рукӏинчӏо халкъияв шагӏирасул гӏумруялъул дарсал. Живго Хӏамзат сценаялда бугеб гӏадаб асар гьабулеб букӏана магӏарулазе.\nАхӏулелъубго хутӏана кечӏ. Тӏуралъубго тана магӏарул тӏармил чӏва. Театралъул 13 артист ан,а тушманалдаса Ватӏан эркен гьабизе.\nГьезул сураталги. Гьез, чӏагояз гӏадин, бицунеб букӏана жидерго, чӏваразул, хӏакъалъулъ къиса:\n— Дун вуго Мухӏамад-Хӏажи\n— Дун – Сурхай.\n— Дунги — Гӏумаров Мухӏамад…\nГьедин бицунеб букӏана Ватӏаналъул васаз жидерго къиса.\nВа цӏидасанги – цӏа боркьараб рагъул кор. Гьеб коронир чӏурхъанана гӏолилазул хӏасратги, гӏищкъуги, анишалги.\nАмма абадиялъе хутӏана гьезул бахӏарчилъи. Гӏелаз гӏелазухъе кьун, цӏунун буго гьеб жакъаги.\nГьеб бахӏарчилъигун цадахъ дандчӏвай гьабизе буго нилъеца Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялде.\nГӏодона гьеб сордоялъги ахӏун бахъинчӏеб кечӏ.\nАмма гьеб ахӏулеб буго бахӏарчиял умумузул жакъасел ирсилаз.\nЖакъаги къварид буго ахӏун бахъинчӏеб кечӏ. Амма гьелъул буго цӏакъго тӏадегӏанаб роржен.\nНух битӏаги гьелъие ва, гьелъул куркьбаздаги рекӏун, тирулеб бугеб даимаб бахӏарчилъиялъе.\nГьедин байбихьана магӏарул театралъ 85-абилеб театралияб сезон.\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги баркула магӏарул миллияб гъанситолъунги, гьелъул гӏумруялъул матӏулъунги, магӏарулазул годекӏанлъунги кколеб театралъул коллективалда гьеб рохалилаб лъугьа-бахъин.\nНух битӏаги дуе, гӏагараб театр."}
{"slug": "6360-kh-ame-pensioneral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6360-kh-ame-pensioneral", "title": "Хъаме пенсионерал!", "date": "2019-11-25 09:16:14", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Цо данделъиялда кӏалъалаго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевалъ абун букӏана херлъаниги хӏалтӏудаса нахъеги инчӏого, учительзаби-пенсионераз ккун ругила хӏалтӏул бакӏал. Гьединлъидал гӏолохъанал учительзабазе рес щолеб гьечӏила гьанжезаманалъул тӏалабазде рекъонкколеб лъай цӏалдохъабазе кьезе.\nМинистралъул рагӏабазда рекъон, ругьунаб бакӏалдаги кӏусун, пенсиягун моцӏрол харжги чвантиниб лъун, чӏегӏераб икраги кванан рагӏула ригь арал учительзаби. Ва педагогияб вузги лъугӏизабун, кивдай вугев дица лъай кьезе мустахӏикъав дов цӏалдохъанинги абун, дунял тирулев рагӏула гӏолохъанав учительги. Тӏадежоялъе, гӏемер векерахъдиялъ, вакъун-къечонги вукӏинарищха гьев пакъир.\nАмма бичӏчӏулеб гьечӏо, щай гӏолохъанав учитель «къварид гьавулев» вугевали. Дагьалъ цебе ахӏи бахъун букӏана улкаялъул школазе учительзаби гӏолел гьечӏин абун. 2019 соналъул щуабилеб февралалда Москваялда тӏобитӏараб «Большие данные: новые возможности мониторинга в образовании» абураб халкъазда гьоркьосеб конференциялда министралъ бицун букӏана статистикиял баяназда рекъон, нилъер школазда хӏалтӏулел ругин 22-25 сон барал учительзабазул 5,5 процент. Хехал тадбирал гьаричӏони, 5-8 соналдаса школазда хӏалтӏизе учитель щвезе гьечӏин абун. Гьелъул магӏна букӏана, гьабсагӏаталда ругелги учительзаби нахъе ани (херлъиялда бан, унтун яги хун), учительзаби гьечӏого школа хутӏулин абураб. Гьелдаса хадуб хӏалбихьана гӏолохъанал учительзаби школазде тӏадруссинариялъул мурадалда тадбирал гӏуцӏизе. Рииялъго бицана, цӏияб цӏалул соналда учителасул харж цӏикӏкӏинабизе бугин абунги. Гьебгиха – окладги цӏикӏкӏинабун. Ахиралда хӏукму гьабуна харж кӏиго бутӏаялдаса гӏуцӏизе: аслияб – 70 процент ва гъирабазабиялъулаб бутӏа – 30 процент. Абулеб букӏана октябралда учителасул харж ункъо проценталъ (!!!) цӏикӏине бугинги.\nГьанже бицунеб буго херал учительзаби школаздаса хъамизе кколин абун. Хъамеха. Гьб мехалда бихьилагури школалда щив хӏалтӏизе вугевали. Разилъизе вугищ гӏолохъанав учитель, гьабсагӏаталда бугеб харжалда рекъон, хӏалтӏизе? «Нижер районалда гӏемерал соназ хӏалтӏулев учителасе щола 20 азарго гъурущ ва гӏолохъанасе – 10-15 гъурущ. Кин гьез хьихьизе бугеб хъизам? Хасго гӏолохъанав учителас? «Дима-дацил» квербакъиялдалъун, гӏемерал гӏолохъанал педагогал ана школалдаса нахъе, бизнесалде. Руго репетитораллъун хӏалтӏулелги. Гӏумру гьабизе гӏолеб пенсия букӏарабани, ригь аразда гьоркьосаги цониги учитель хутӏилароан школалда. Щайха гьезие къваригӏараб ботӏрол унти: гьоркьоса къотӏи гьечӏел отчетал, аттестациял, къецал…», — ан бицана 30 соналъул стаж бугев, цӏёар рехсезе бокьичӏев учителас.\nЦо нухалда (гьеб букӏана ДНИИПалда хӏалтӏулеб заман) магӏарул росдал школалда гӏурус мацӏалъул дарсида гӏодой чӏарай дица кодобе босана цӏалдохъаналъул тетрадь. Гьенир багӏараб щакъиялъ лъун ругоан щуйил къиматал. Хатӏги бугоан берцинаб. Цӏалана тетрадалда хъварал тексталги. Гъалатӏазул цӏун ругоан гьел. Хадубккун учителасулгун (гьев вукӏана гӏолохъанав учитель) гара-чӏварулаго, дица гьикъана дол щуйилазул магӏна щибилан абун. Гьев мукӏурлъана, тӏадкъаязул халгьабичӏого, къиматал лъеялъе.\nШколалъул масъалаби тӏураялъул рахъалъ батӏиял нухал ратизе кколаан федералияб министерствоялъ. Амма, кидагогӏадин тӏаса бищана бигьаяб нух."}
{"slug": "6362-ummatal-e-misal-nil-er-avarag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6362-ummatal-e-misal-nil-er-avarag", "title": "Умматалъе мисал – нилъер авараг", "date": "2019-11-25 09:32:09", "categories": ["history"], "text": "Мухӏамад авараг вукӏана кутакалда адаб цӏунулев ва бищунго тӏабигӏат-гӏамал берцинавги. Гьев лъилниги рокъовеги лъугьунароан изну гьечӏого.\nРокъове лъугьиндалги заман лъабго бутӏаялде бикьулаан. Лъабгоялъул цо бутӏа Аллагь рехсеялда, ай гӏибадаталда тӏад хвезабулаан, кӏиабилеб бутӏа – хъизамалда тӏад инабулаан, лъабабилеб — жиндаго тӏад хвезабулаан. Гьабулеб ишги кидаго Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьулаан. Мажгиталде лъугьиндал эркенаб бакӏ батаралъув чӏолаан, гьебго жо цогидаздаги малъулаан. Кинаб бугони гьаригун чи аскӏове вачӏани, аварагас яхӏ бахъулаан гьесул мурад тӏубазеги. Кумек гьабизе бажарулеб гьечӏони, ракӏ гӏодобе биччалеб берцинаб калам гьабулаан. Мажлисаздаги авараг вукӏунаан гӏадамазе мисаллъун. Цебехун ккараб мунагь-хатӏа сабаблъун лъиениги тамихӏги гьабулароан. Кӏалъалаан берцинго, дандиясул ракӏ бекиларедухъ, тамахго. Лъилниги гӏайибал рехсолароан, лъие бугониги бадибчӏвай гьабулароан.\nЦо нухалда асхӏабзабигун гара-чӏварун вукӏаго, инсанасул сипаталда Жабрагӏил малаик вачӏана гьезухъе диналда хурхарал суалал кьезе. Аварагасда гурони цогидазда гьев щивали лъалароан ва цонигиясда кӏолеб букӏинчӏо гьесул хӏакъалъулъ гьикъизеги. Хадуб аварагас Гӏумар-асхӏабасда гьикъана: «Нилъеда аскӏовеги вачӏун дол суалал кьолев вукӏарав чи щивали лъалищ дуда?» — ян. Гӏумарица жаваб кьуна: «Аллагьасдаги гьесул аварагасдаги лъала гьев щив кколевали», — ян. Аварагас бицана дин малъизе вачӏарав Жабрагӏил малаик вукӏинин.\nЖиндирго суалалги росун цониги чи аскӏове вачӏани, асхӏабзаби цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккулаан гьезул гара-чӏвариялъухъ, диналъе пайдаяб, лъазе кколеб хабар рагӏилародаян. Щайгурелъул, гӏемерисеб мехалда гьедин рачӏунел гӏалхул гӏарабияз кьолел суалал рукӏунаан хӏикматал, батӏи-батӏиял, лъицаниги кьоларел гӏадал. Кигӏанго тохал суалал кьуниги, аварагас сабурго, хӏеренго, берцинго жавабги кьолаан."}
{"slug": "6363-ummatal-e-misal-nil-er-avarag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6363-ummatal-e-misal-nil-er-avarag", "title": "Умматалъе мисал – нилъер авараг", "date": "2019-11-25 09:32:09", "categories": ["history"], "text": "Мухӏамад авараг вукӏана кутакалда адаб цӏунулев ва бищунго тӏабигӏат-гӏамал берцинавги. Гьев лъилниги рокъовеги лъугьунароан изну гьечӏого.\nРокъове лъугьиндалги заман лъабго бутӏаялде бикьулаан. Лъабгоялъул цо бутӏа Аллагь рехсеялда, ай гӏибадаталда тӏад хвезабулаан, кӏиабилеб бутӏа – хъизамалда тӏад инабулаан, лъабабилеб — жиндаго тӏад хвезабулаан. Гьабулеб ишги кидаго Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьулаан. Мажгиталде лъугьиндал эркенаб бакӏ батаралъув чӏолаан, гьебго жо цогидаздаги малъулаан. Кинаб бугони гьаригун чи аскӏове вачӏани, аварагас яхӏ бахъулаан гьесул мурад тӏубазеги. Кумек гьабизе бажарулеб гьечӏони, ракӏ гӏодобе биччалеб берцинаб калам гьабулаан. Мажлисаздаги авараг вукӏунаан гӏадамазе мисаллъун. Цебехун ккараб мунагь-хатӏа сабаблъун лъиениги тамихӏги гьабулароан. Кӏалъалаан берцинго, дандиясул ракӏ бекиларедухъ, тамахго. Лъилниги гӏайибал рехсолароан, лъие бугониги бадибчӏвай гьабулароан.\nЦо нухалда асхӏабзабигун гара-чӏварун вукӏаго, инсанасул сипаталда Жабрагӏил малаик вачӏана гьезухъе диналда хурхарал суалал кьезе. Аварагасда гурони цогидазда гьев щивали лъалароан ва цонигиясда кӏолеб букӏинчӏо гьесул хӏакъалъулъ гьикъизеги. Хадуб аварагас Гӏумар-асхӏабасда гьикъана: «Нилъеда аскӏовеги вачӏун дол суалал кьолев вукӏарав чи щивали лъалищ дуда?» — ян. Гӏумарица жаваб кьуна: «Аллагьасдаги гьесул аварагасдаги лъала гьев щив кколевали», — ян. Аварагас бицана дин малъизе вачӏарав Жабрагӏил малаик вукӏинин.\nЖиндирго суалалги росун цониги чи аскӏове вачӏани, асхӏабзаби цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккулаан гьезул гара-чӏвариялъухъ, диналъе пайдаяб, лъазе кколеб хабар рагӏилародаян. Щайгурелъул, гӏемерисеб мехалда гьедин рачӏунел гӏалхул гӏарабияз кьолел суалал рукӏунаан хӏикматал, батӏи-батӏиял, лъицаниги кьоларел гӏадал. Кигӏанго тохал суалал кьуниги, аварагас сабурго, хӏеренго, берцинго жавабги кьолаан."}
{"slug": "6364-luk-manul-khiakimil-nasikhiatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6364-luk-manul-khiakimil-nasikhiatal", "title": "Лукъманул Хӏакимил насихӏатал", "date": "2019-11-25 09:39:28", "categories": ["history"], "text": "Я, дир вас! Дуца Аллагьасукьа хӏинкъаразул гурони квенги кванаге ва гӏакълуги дандбай хӏакъикъиял гӏалимзабазулгун.\nДуца гьалмагълъи гьабе Аллагьасукьа хӏинкъаразулгун. Мунагьал гьарулезулгун гьалмагълъи гьабуге. Гьезде гӏазаб-гӏакъуба щвезе бегьула ва гьеб мехалда цадахъ дудеги щола балагь.\nМун вукӏа лъикӏал чагӏазе лагълъун, киданиги квешазе гьудуллъун вукӏунге.\nМун тушманасдаса рикӏкӏалъе, гьудуласдасан цӏодорлъиялдаги вукӏа.\nБалъгояб жо бахчун толев чиясулъ букӏуна лъикӏлъи.\nМун гӏалимзабигун гьудуллъиялда вукӏа ва гьезулгун дагӏба-къецги гьабуге. Дунялги тӏубанго реххун тоге, тани пакъирав, чияр горбода ваччаравлъун лъугьуна. Цо-цо къоялъ дуца кӏал ккве, дурго шагьват бекизабун, дурго как-гӏибадаталъе зарал кколеб хӏалалъ кӏалги ккоге, как бай кӏал кквеялдаса хирияб бугелъул.\nЯ, дир вас, хӏусудчиясул лъабго гӏаламат буго. Аскӏов гьечӏеб мехалъ гьудуласде гъибат гьабула, вихьараб мехалъ хӏелхӏедула, дуде балагь щвараб мехалъ вохула.\nДуца лъикӏлъи гьабе гьелъул агьлуялъе, дуца гьеб гьабуге агьлу гурезе, мун дунялалда гьездасан щибго пайда щвечӏого чӏового хутӏила ва ахиралда кириги щвеларо. Мун вукӏа гьоркьохъевлъун, исрапчилъун вукӏинчӏого, ай мун бахиллъунги чӏоге, исрап кколеб хӏалалъги харж гьабуге.\nМун чияде хӏажалъуларедухъ вукӏа.\nЖинда гьеб бичӏчӏулев чиясе гурони лъикӏлъи гьабуге.\nДунял буго нилъеца толеб нух, дуца гьеб къотӏе, гӏуцӏизе лъугьунге.\nМун дунялалде вачӏараб къоялдаса нахъе гьеб дудаса лъутулеб буго, ахират данде бачӏунеб буго. Хӏакъикъаталдаги мун дуда данде бачӏунеб рокъове гӏагарав вукӏуна, дудаса лъутун унеб рукъалдасаги."}
{"slug": "6365-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-mashgurav-magiarulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6365-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-mashgurav-magiarulav", "title": "Дагъистаналъул тарихалда 300 машгьурав магӏарулав", "date": "2019-11-25 09:45:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "(Цебесеб 46-номералда)\nМухӏу Гӏалиев (1940)\nГӏалиев Мухӏу – советияв ва Россиялъул политикияв хӏаракатчи, ДРялъул тӏоцевесев президент, философиял гӏелмабазул доктор.\nГьавуна 1940 соналъул 6 августалда Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъ.\n1962 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет ва 1969 соналда гьенибго аспирантура. 1962-1964 соназда хӏалтӏана Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквари росдал школалъул директорлъун.\n1964-1966 соназда Мухӏу хӏалтӏана ДГУялъул ВЛКСМалъул комитеталъул секретарьлъун. 1966-1969 соназда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул аспирантура. 1969-1972 соназда хӏалтӏана ВЛКСМалъул Махӏачхъала шагьаралъул комитеталъул тӏоцевесев секретарьлъун.\nГьелдаса хадуб, 1972 соналда, гьев вищана КПССалъул Махӏачхъалаялъул Советский райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун ва гьенив хӏалтӏана 1983 соналде щвезегӏан.\n1983 соналда Мухӏу Гьиматович хӏалтӏизе вачана КПССалъул обкомалъул гӏуцӏиялъулаб ва кадрабазул отделалъул нухмалъулесул заместительлъун, 1984-1990 соназда — отделалъул заведующийлъун.\n1990-1991 соназдайин абуни М. Гӏалиев хӏалтӏана партиялъул Дагъистан обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун. Гьев вукӏана ДАССРалъул 9-11 ахӏиялъул (1978-1990) Верховный Советалъул депутатлъун, ва 1990-19911 соназда КПССалъул ЦКялъул членлъунги.\n1991 соналъул декабралда М. Гӏалиев вищана республикаялъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун, 1994 соналъул июлалдайин абуни — Дагъистаналъул Верховный Советалъул председательлъунги.\n1995 соналда гьев вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва гьебго соналъул апрелалда – гьелъул председательлъунги.\nМухӏу Гьиматович 1996 соналдаса нахъе кколаан Россиялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул членлъунги.\n2003 соналъул 30 марталда гьев нахъеги вищана Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва 3 апрелалда гьелъул председательлъунги.\n2006 соналъул 20 февралалда Россиялъул президент В. Путинил бихьизабиялда рекъон, Мухӏу Гӏалиев вищана Дагъистаналъул тӏоцевесев президентлъун.\n2006-2010 соназда Дагъистаналда кӏвана 2,5 нухалда цӏикӏкӏинабизе валовияб региональнияб продукт. Республикаялде рачӏунел инвестициялин абуни щибаб рухӏ рикӏкӏун хӏисаб гьабулеб къадар Югалъулаб федералияб округалда нилъер букӏана бищунго цӏикӏкӏараб. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна социалияб рахъалъ гӏадамазе кумек гьабиялъул мурадалда: анцӏ-анцӏ цӏиял школал рана, гьениб лъималазе чӏезабуна хинаб квен, кризисалъул заман букӏаниги, цӏикӏкӏинабуна лъималазе щолеб пособие, 70 проценталъ цӏикӏкӏинабуна библиотекаразе харж, «Лезгинка» ансамблялъул, балеталъул ва операялъул театралъул хӏалтӏухъабазе, журналистазе I,5 нухалда цӏикӏкӏинаруна харжал. Цересел партийниял хӏалтӏухъабазе борхизабуна пенсиязул къадар, чӏварал милиционеразул хъизамазе кьуна рукъзал…\nАмма 4 соналда жаниб Дагъистаналда кьучӏдасанго ахӏвал-хӏал хисизабизе захӏматаб суал букӏана. Щайгурелъул СССР бихаралдаса анцӏ-анцӏ сонал аниги, жеги гьебгицин рукӏалиде ккун гьечӏелъулха.\nВатӏаналъе гьабураб ракӏбацӏадаб хъулухъалъе гӏоло М. Гӏалиев мустахӏикълъана 4-абилеб ва 3-абилеб даражаялъул «Ватӏаналъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» орденазе ва гӏемерал медалазе. Мустахӏикъаб хӏухьбахъиялда вугониги, Мухӏу Гьиматовичас жигараб гӏахьаллъи гьабула республикаялъул жамгӏияб гӏумруялъулъ.\nГӏабдула Фатагӏалиев (1939)\n– Дагъистаналъул халкъияв артист. Гьавуна 1939 соналъул 22 апрелалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. Анкьго сон тӏубарав Гӏабдула Хунзахъ гьоркьохъеб школалде цӏализе лъугьана. Гьеб заманалда Гӏабдулал эмен хӏалтӏулев вукӏана Хунзахъ районалъул НКВДялъул начальниклъун.\n5-7 классазда цӏалана Сугъралъ школалда. 1956 цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде ва 1959 соналда Советияб армиялда хъулухъ гьабизе ана.\nРагъулалгун гьаваялъул частазда хъулухъ гьабулаго, Гӏабдула 944 нухалда кӏанцӏана парашюталдасан. Гьев ккола парашютазулабгун десантазул хъулухъалъул инструктор.\nСССРалъул ВДВялда хъулухъ гьабулаго, гьес гӏахьаллъи гьабуна: 1967 соналда Гӏагараб бакъбаккуда ккарал лъугьа-бахъиназулъ; 1968 соналда Варшаваялъулаб къотӏи-къаялъул аскаргун Чехословакиялда «Дунай» операциялъулъ; 1979-1982 соназда Советияб армиялъул аскаргун Афгъанистаналда.\nБелоруссиялда армиялда хъулухъ гьабулаго, Минскалда цадахъго лъугӏизабуна университеталъул тарихияб факультетги.\nВатӏаналъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло Гӏабдула Фаталиев мустахӏикълъана 5 медалалъе.\nМутай Хадулаев\nМутай Хадулаев (1940) — Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустахӏикъав артист, халкъиял бакъназул устар. Гьавуна 1940 соналъул 14 маялда Лаваша районалъул Хахитӏа росулъ. Гӏагараб росулъ школаги лъугӏизабун, Мутай цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул Г. Хӏасановасул цӏаралда бугеб музыкалияб училищеялде.\nГьесул бакънал рачине бугеб гьунар лъугьана республикаялъул музыкалияб искусстовоялъул бутӏалъун.\nМутайица гӏемерал соназ хъулухъ гьабуна республикаялъул машгьурал творческиял коллективазда: миллиял инструментазул оркестралда, Дагъистаналъул кучӏдузул ва кьурдабазул ансамблялда, республикаялъул кьурдабазул академикияб ансамбль «Лезгинкаялда».\n«Лезгинка» ансамблялда кьурдулев вац Мухӏамадил гьунаралда рухӏдаллъарав гьесул творческияб гӏумру байбихьана 1956 соналда, музыкалияб училищеялъул мугӏалим Х. Ханукаевасул классги лъугӏизабун.\nКӏиго соналдасан гьес гӏахьаллъи гьабулеб букӏана Дагъистаналъул С. Керимовасул нухмалъиялда гъоркь бугеб миллиял инструметазул оркестралда.\nГьунарчиясул рекӏелъ кӏудияб лъалкӏ тана 1960 соналда Москваялда Дагъистаналъул искусствоялъул декадаялда гьабураб гӏахьаллъиялъ. Гьел къоязда оркестр цебебахъана тахшагьаралъул гӏемерал сценаязда. Гьезда Москваялда дандчӏвай гьабуна машгьурав актер Михаил Жаровас. Гьел цере рахъана Кремлялъул кӏалгӏаялдаги.\n1965 соналда коллектив ахӏана Москваялда тӏобитӏулеб Кӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏаралдаса 20 сон тӏубаялъул хӏурматалда гьабулеб сухӏматалде. Гьениб гӏахьаллъи гьабулеб букӏана Совет Союзалъул маршал Георгий Жуковасги. Мутайил кеманчаялъ хӏайран гьарулел рукӏана балагьарал.\n90-абилел соназда Мутайица, жиндир гьунар дагьабги цебетӏеялъе ресги кьолаго, гӏуцӏана щуго чиясдаса данделъараб «Ай-лаззат» абун цӏар тараб хасаб ансамбль. Гӏемер кватӏичӏого гьелъул цӏар тӏобитӏана Дагъистаналда гуребги, гьеб бахун къватӏибги. Гьунар бугеб коллектив щвана Магаданалдаса байбихьун, Калининградалде щвезегӏан ва улка бахун къватӏибеги — Голландиялде, Франциялде, Италиялде, Германиялде, Бельгиялде, Турциялде.\nЖакъа Мутай Хадулаевич хӏалтӏулев вуго «Лезгинка» ансамблялда."}
{"slug": "6366-ebelal-dir-kinidakh-kuchidul-akhiichielani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6366-ebelal-dir-kinidakh-kuchidul-akhiichielani", "title": "Эбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏичӏелани…", "date": "2019-11-25 10:00:49", "categories": ["insan"], "text": "24 ноябрь — улбузул къо\nГьале исанаги тӏаде щвана Тӏадегӏанас инсанасул гӏумру берцинлъиялъе ракьалде йиччарай хӏурулгӏин, бищунго хӏикматай, гӏажаибаб гугьаралъул берцинлъиялъ сверухълъиго асир гьабулей эбелалъул байрам. Нилъер щивасул гӏумруялъул тӏехьалда буго эбелалъул магӏуялъги рохелалъги хъварал тӏанчал. Щивас зама-заманалдасан регула гьел тӏанчал нахъехун.\nДида гьикъани, масала, Ватӏан сундасан байбихьулебилан абун, дица абилаан эбелалъул гьимиялдасанилан.\nЭбелалъул гьими\nГьеб гьимиялъ, кверги ккун, нухарегӏула нилъ заз-хъарахъалъулги тӏегь-хералъулги цӏурал гӏумруялъул сухъмахъазде ва шагьрабазде. Нагагьлъун гьел нухазда лъимер тарани, гьимиялъ кьер хисула, гьелда чӏвала свараб нур. Лъимералъул бадисан баккараб талихӏалъул бакъул чӏораз хьухьараб гьими даимго белъанхъизе ккани, лъималазги гьеб гьимиялде данде рехизе ккола рокьул чӏорбутӏал. Цинги гьимиялъухъе тӏадруссине руго рохалил кьерал. Гурони, гьел кьерал магӏица релъине руго.\nЭбелалъул магӏу\nОгьо-гьой! Тӏухьигӏан бакӏабги, кваскасгӏан тамахабги, гьоцӏогӏан гьуинабги, рикӏкӏгӏан кьогӏабги… Бухӏарабги, цӏорорабги…\nДунялалъулго улбузул магӏу цолъани, лъугьинаан ракьалда щуабилеб океанги. Киналго улбузе гӏаммаб магӏу жакъаг ахӏделеб буго, гьарделеб буго улбузул цӏаралдасан, жидехъа лъималазул талихӏ бахъугейилан.\nГӏенекке цо лахӏзаталъ – рагӏулеб гьечӏищ нужеда магӏуялъул гьими? Лъалищ нужеда магӏу кида гьимулебали? Гьай-гьай, лъимералъул талихӏалдаса гӏорцӏулареб мехалда. Цинги ахӏула гьелъ дунялалда бищунго хӏайранаб кечӏ.\nЭбелалъул кечӏ\nРакьалде рещтӏин тӏоцебе лъимералда баркула эбелалъул кечӏалъ. Унго-унголъунги гьелъулъ бугебщинаб къуват! Тӏоцесеб иргаялда, гьеб къулула киниде. Цинги ахӏула гьелъ кинида бущараб лъимералъе талихӏ гьарараб кечӏ. Лъимералдаго цадахъ кӏудиябги гӏола эбелалъул кечӏ. Зама-заманалдасан хӏинкъунги лъугьуна гьеб, цо заманалдасан тӏуркӏизеги тӏуркӏула гьеб.\nГьеб кочӏол куркьбаздаги рекӏун, лъимерги эбелги щолелщинал бакӏал. Раккула гьел анищазухъеги, кӏетӏола талихӏалдаги, гьардола хьулаздаги, роржуна бакъухъеги, рещтӏуна моцӏродаги. Цинги жидерго цӏваялда аскӏоб рещтӏенги гьабула. У. Эбелалъулги лъимералъулги цӏваялда аскӏоб. Роцӏараб роол сордоялъ гьеб цӏваялъул сариназухъ гӏенекканищ нуж? Яги хасалил халатал сардаз гӏаздаде данде кӏарчамго цӏикулел гьезул кечӏалъ гъаргъар базабуларищ черхалда?\nВа цинги гьеб цӏваялъ нах бахъула эбелалъул рекӏелъе.\nЭбелалъул ракӏ\nЛъимералъул рекӏел кӏутӏигун цолъидал, гьеб твархезе лъугьунеб куц! Хӏалуцун кӏетӏолеб гьелъухъ гӏенеккани, нилъеда цебе бачӏуна эбелалъул хӏасратаб сипат.\nХӏалхьигьечӏолъиялъ кӏвекӏараб, гӏазабазда хӏеккинабизе кӏвечӏеб, тӏурараб макьуялъ гьурмада гӏужал лъураб, лъимадуе абадияб талихӏ гьарулаго свакачӏеб…\nДунялги цӏола гьелъ, дангъуралъубги гьуна гьеб. Гьеб бараб буго лъималазда. Боржунебищ гьеб букӏине бугеб, яги цо бокӏнилъ тӏепунищ.\nЭбелалъул кверал\nЭбелалъул квераз щулаго ккураб лъимер. Гьезул хӏеренлъиялъ гьеб беэдун толеб куц!\nГьеб лахӏзаталъ гьезда рухӏдаллъула жибго гӏумругицин. Берккелин хӏинкъараб гьеб сураталъухъ балагьун пикрабалъе кколеб батила жибго къисматги. Гьел квераз гьабураб кванил тӏагӏамалъухъ урхъарал лъималазул кӏутӏби. Гьезда кӏудияб рокьул мугьру чӏвала, бабал квераз кӏиябго кӏаркьенги ккун, гьабулеб гӏажаибго берцинаб махӏалъул убачалъ. Унха. Бабал убачалъ. Лъималазе талихӏ гӏуцӏулел кверазда рахъун рукӏунелщинал согӏалги пулалги. Гьел квераз гурищ бакулеб лъимадул талихӏалъул гъасда тӏоцебесеб цӏаги.\nЭбелалъул цӏа\nЭбелалъул гъансито. Лъимер дунялалде бачӏиналдего, гьелъие хӏадурараб цӏадул кунчӏиялъ гвангъизабураб. Гьеб цӏадул хинлъиялъ цӏорой хъвазе толаро лъимералда. Гӏумруялъул гӏансигицин биинабулеб гьеб цӏадул гваргвариялъ гьури хъвазе биччаларо лъимадул талихӏалда.\nАмма цо-цояязда бичӏчӏуларо гьеб цӏадул багьа. Даим бакахъе хутӏизе бугеб гьелъул канлъи загӏиплъула, кунчӏи сун уна, гьеб цӏадуде гъорлъе лъималазул цӏаязул хӏенхӏалги журачӏони.\nГӏолохъанлъиялъ къо-лъикӏ гьабулелъулги, ботӏрол расазда гӏумруялъул савуялъ жиндирго лъалкӏал толелъулги, нилъ нахъ ралагьула. Ва рикӏкӏадасанго нилъеда бихьула эбелалъ гъанситохъ нилъее бакун тараб цӏадул кунчӏи.\nЧӏобогояб гъасда бакун хутӏараб гьелъул чиякълъи. Чиякъаб гьелъул рукӏунел чиякъал сариналги. Дирги ракӏ судизабула гьел сариназ. Гьел урхъун рукӏуна лъималазул гьаркьихъ. Гъасда гьеб гьаракь къанагӏалъанагӏан, дагьлъулеб цӏадул кунчӏиялъги, кунчӏи дагьлъанагӏан беролеб цӏадул хинлъиялъги васвасалъе ккезарула пикраби. Гьединал лахӏзатаз нилъеда ракӏалдещола, гьабизе ресги букӏаго, улбузе гьабичӏого хутӏарабщинаб лъикӏлъи. Цинги нилъ гӏедегӏула росдал рагӏалда ругел хабзалахъе.\nЭбелалъул зани\nГьалеха доб магӏу гӏодулеб къваридаб лахӏзат – эбелалъул зонода къвалги бан, гьейгун гаргадулеб мех. Нилъеда ракӏалдещола гьейгун цадахъ тӏамураб талихӏаб гӏумруги, гьанжего гьанже бичӏчӏизе байбихьула гьелъул кинидахъ кочӏол магӏнаги, гьелъул цӏадул махӏалъ цӏала гӏагараб гъасде. Берда цере паркъезе лъугьуна гӏумруялъул сухъмахъалги. Цинги беразул хӏоринисан гирунго гирун рачӏунел магӏил гараз гьелъул заниялда баарабго, тӏуркӏула нилъ. Ва сородулел, бабал убачалъухъ нахъеги урхъарал кӏутӏбуз щурула: «Тӏасалъугьа, эбел», — илан. Кватӏунцин гьечӏодай нилъ? Ва цӏидасанги цебе бачӏуна рукӏкӏалабаз басбасараб эбелалъул сипат.\nЭбелалъул рукӏкӏалаби\nУнго, нужер гъварилъи. Унго нужер хӏеренлъи. Унго, нужер гьайбатлъи, гӏумруялъул улбузда гьурмазда сокӏкӏарал рукӏкӏалабазул. Гьезул щибалъул буго жиндирго тарихги, къисаги, къисматги.\nГьале гьаб цояб, цӏакъго гъваридаб рукӏкӏел батила дир эбелалъул гьурмадаса. Лъималазул талихӏалъул гьогьеналъул тӏагӏам кинаб букӏунебали лъазе, гьелъул рагӏдукьги бакъукьги хӏухьбахъизе щвечӏеб эбелалъул гьурмада букӏараб гьеб ракӏалдещведал, пашманлъиялъ ханлъи гьабула пикрабазда.\nХӏурматиял цӏалдолел!\nЦо лахӏзаталъ ракӏалдещвезаре нужерго улбузул сипатал. Лъалищ нужеда кинал кьеразул ругел гьезул магӏуги, релъиги, рукӏкӏалабиги…!?"}
{"slug": "6368-chiukhiun-abulaan-zhij-artistka-jigilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6368-chiukhiun-abulaan-zhij-artistka-jigilan", "title": "Чӏухӏун абулаан жий артистка йигилан", "date": "2019-11-25 10:14:21", "categories": ["lit"], "text": "Театралъул меседилаб фонд\n(Гӏайшат Къурбанова гьаюралдаса 100 сон тӏубаялде)\n«Поэт» абураб поэмаялда Мухӏамад Ахӏмадовас хъвалеб буго: «Ракӏалдещвеял рекӏел хъаравулзаби руго, кидаго рорчӏуда рукӏунел, рикӏкӏада хутӏараб гӏумруялъ рекӏеда кӏутӏулелъул кӏанцӏун тӏаде рахъунел», — абун. Гьедин, дир пикрабазулъги чӏаголъулей йиго Гӏайшат, цебетӏамулеб буго дунгун цадахъ хӏалтӏараб гуребги, дол рикӏкӏадал лъеберабилел соназ гьей театралде ячӏараб мехги.\n— Гьеб букӏана, — ян ракӏалдещвезабулеб буго Гӏайшатица цересел соназда газеталда бахъараб макъалаялда, — 1939-абилеб соналъул 6 март. Дун тӏоцее цее яхъана Хунзахъ росулъ. Ва гьале, гьалщинал соназдасан чӏухӏун абулеб буго, дун артистка йигинги. Театр буго дир рокьи, дир талихӏ, дир гӏумру.\n«Жеги театр Хунзахъ бугеб заманалдаго, артисткаялъ хӏалаан спектаклязда аслиял ролал. Гьанжеги ракӏалда йиго Цӏадаса Хӏамзатил «Айдемир ва Умайгьанаталда» Гӏайшатица хӏараб Умайгьанатил роль. Гьелъул Умайгьанат йикӏана халатал, чӏегӏерал гъалазул, чергесаб логол, рагьараб гьумералъул гӏун ячӏуней цӏалдохъан. Бесдал эбелалда цее, зазда чӏараб хӏинчӏ гӏадин, йигей гьелъул пашманлъиялъги, Асмал кверзукь вугев инсул бербалагьиялъги гьелъул хӏаялъухъ балагьаразул берал риччичӏого хутӏулароан», — абун хъвалеб буго Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас.\nЖеги ратила гьелъ бергьенлъиялда хӏарай, жиндирго ракьцояй Ругъжаса Гӏанхил Маринил эбелалъул образ бихьарал. Гьей Гӏаша-кӏодо, Хӏажи Заловасул «Хӏасратай кочӏохъаналда» Маринил гьитӏинай яс Патӏиматги каранде къан, кӏалги букъун хабалъ зонода юхьун йигей жиндирго Маринихъги ялагьун наибасда кӏал гьикъулей йихьидал, балагьаразул хӏалхьолеб букӏараб куцилан ракӏалдещвезабула цадахъ хӏалтӏараз жакъаги.\nГьединго гьез бицуна М. Къурбановасул «Малла Насрудин» спектаклялда Гӏайшат йикӏанила рекӏедаса арай, гванзай къоролай Заза-Бикалъунги. Гьелъул ролалда Гӏайшат цее яхъиндал балагьараз гьелъие хъатцин кьабулеб букӏана. Гьелъул кьуркьудиялъги, кӏичӏардиялъги, гьоркьо-гьоркьоб бачӏинчӏониги гьабулеб релъиялъги, чӏухӏи ва гӏамалкӏодолъиялъги сценаялда хинлъи гьабулаан.\nЩибаб рагӏиялъе кьолеб магӏна, тӏамураб гали, чорхол рагъа-рачари, битӏулеб квер, босулеб гали — кинабго магӏна-гӏиналде бачун, азарго нухалъ хӏалбихьун ва данде кколебщинаб тӏаса бищунлъидалха гӏуцӏулеб сценаялъулаб образ. К. Треневасул «Любовь Яроваялда» Дунькал образ, азербайжаназул драматург С. Ахундовасул пьесаялда рекъон лъураб спектаклялда Хажар Ханумил, А. Пушкинил «Полтаваялда» Матрена Ивановнаялъул, Б. Лавреневасул «Америкаялъул гьаракьалда» Дорожил ва ахирги, Зайирбег Гӏалихановасул «Мугӏрузул Гӏали» спектаклялда эбелалъул образ гӏуцӏун хадуй, гьелъ Дагъистаналъул халкъазул искусство цебетӏезабиги хӏисабалде босун, Дагъистаналъул Верховный Советалъул президиумалъул указалдалъун Гӏайшатие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка» абураб цӏар. Гьединго, магӏарул театралъ 20 сон тӏубаялда бан щвана Хӏурматалъулаб грамотаги.\n1943 соналъул март моцӏалда театр гочана Буйнакск шагьаралде. Цо-цояз хӏинкъун лъаларо яги рекӏее гӏечӏогойищали тавакал тӏамуларо Шурагьире рачӏине. Театр рехун тезе къотӏи гьечӏел Зайнаб Набиева, Гӏайшат Къурбанова, Басир Инусилов, Хӏажи Асадулаев, Муса Гӏабасов, Мухӏамад-дибир Мухӏамадов, Махӏмуд Гӏабдулхаликъов жидерго ретӏел-хьит, квен-тӏех жанир лъурал сумкабиги мугъзада рекъезарун, радал Хунзахъа Буйнакскиялде сапаралъ рахъана гӏазул цӏурал мугӏруздасан ва сухъмахънухаздасан.\nЗахӏматал рагъул сонал. Квач-цӏорой ва ракъи-къеч. Амма, абуларищха, бокьун босараб гьир бакӏаб букӏунарин. Артистаз бицунаан рукъ гьечӏел, гӏолохъанал жидее кӏудияб кумек гьабулаанин сундулго рахъалъ гъизараб чуризеги, чӏалхараб букъизеги, хӏатта квен-тӏехалъецин Зайнабицаги Гӏайшатицаги. Гьайгьай, дагь-дагьккун гьал ругьунлъана шагьаралъул гӏумруялде. Шагьаралда жеги гӏатӏидаб рес щола творчествоялъеги. Театралде хӏалтӏизе рачӏуна Ума Нурмухӏамадова, Патӏимат Хизроева, Написат Гӏисакъова, Гӏалисхӏаб Мухӏамадов, Тажудин Гӏабасов, Якъуб Сулейманов.\nГьебго соналъ художествияб рахъалъе бетӏерлъи гьабизе вачӏуна Москваялъул пачалихъалъулаб театралияб искусствоялъул институт лъугӏарав режиссер А. Артемьев. Театралда творчествоялъул рахъалъ кинабго бараб букӏуна режиссерасда. Гьединав лъай бугев, пикру гъваридав режиссергун хӏалтӏи рахӏатаб нигӏматлъун лъугьана Гӏайшатиеги. Гьелъие рес щола Антон Чеховасул, В. Суходольскиясул, Ф. Кноррел ва цогидалги драматургазул пьесабазул ролазда тӏад хӏалтӏизе.\nАртистал, хӏадурарал ролалгун, рега-рахъун шагьаралдаго чӏоларо. Гьел мугӏрузул сухъмахъаздасан росулъа-росулъе лъелго хьвадулаго, щибаб къоялъ 15-20 километр нухлул нахъаги тун, хӏамузда лъун декорациялгун унаан. Чан нухалъ цӏад бан хадуб, гӏор-лъар бахунаго, гьелъ хӏамул хъамун, тӏад букӏараб къайи-цӏа бортун тӏагӏараб, гьебги камун къаси гӏадамазда цере рахъине ккарал. Цониги спектаклялда бихьизе гьечӏо тӏекълъи, хӏалихьалъи, цӏогь, чӏвай-хъвей беццулеб. Лъикӏлъиялде гӏадамал кантӏизари — гьеле театралъул аслияб масъала. Гьединлъидалги батила Къурбанова Гӏайшат йикӏана ракӏ бацӏцӏадай, гьереси-рекӏкӏ бокьуларей ва сихӏирлъи рихарай гӏадан. Аваданаб гӏамалалъул гӏаданги йикӏана. Гьелъги батила, ахираб заманалда гьелъухъе кьолаан хӏазе кепал гӏамал-хасиятазул ролал. Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай» спектаклялда Гӏашура, Цӏадаса Хӏамзатил «Балагьалъул гъамасалда» Бахтика, Г. Хугаевасул «Эбел росасе кьолей йиго» спектаклялда Меседо.\n1960 соналда Гӏайшат Къурбановалъе кьола «Дагъистан АССралъул халкъияй артистка» абураб цӏар. Гьеб заманалда гьей унго-унголъунги лъугьуна халкъалда лъикӏ лъалей, гьезие йихьизе йокьулей артисткалъун. Амма гьелъул бакъва-кӏасараб черхалъулъ букӏана добго чӏаголъи, добго кӏвахӏ лъалареб, чӏухӏи ва пахрулъи гьечӏеб хьвада-чӏвади.\n1979 соналъул 30 сентябралда «Коммунизмалъул нур» газеталда Герейхан Зулумовас Гӏайшат Къурбановалъулгун гьабурал гара-чӏвариялда руго гьадинал рагӏаби:\n— Дур бищун бокьулеб роль?\n— Островскиясул «Гӏайиб гьечӏого гӏайибиял» абураб спектаклялда Галчихал роль. Дида ракӏалда буго, гьеб спектакль нижеца хӏана битӏахъе Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда, Буйнакскиялда. Залалда гӏодор чӏун рукӏана лъукъарал солдатал. Дида рихьана гьезул бадиса бачӏунел магӏил гарал. Гьеле гьеб мехалда бичӏчӏана дида искусствоялъул къуват.\n— Кинал режиссералгун бищунго бокьулеб хӏалтӏизе?\n— Цӏакъ гъираялда ва кеп щун хӏалтӏула дун нижер бетӏерав режиссер Хӏайбула Гӏабдулгъапуровгун. Цӏакъ гӏемер лъуна гьес лъикӏа-лъикӏал спектаклял.\nГьелъул магӏна кколаро ниж гьоцӏоги нахги гӏадин рукӏанин абураб. Дунги тӏалабчилъиялъе гӏорхъи гьечӏев вукӏуна репетициязда. Гӏайшатги жиндирабго ккун цо кьуричӏого ругъеждерил кьварараб гӏамалгун чӏолаан. Кӏиязего ритӏухълъи бокьиялъ ахир-къадги рекъолаан.\n«Артисткаялъул хӏаялъулъ, жиндирго гӏумруялда гӏадин, кидаго цадахъ букӏана рохелги пашманлъиги. Гӏезегӏан гӏакъуба бихьун гӏезаруна гьелъ васал Шарапудинги Мухӏамадги. Абизе бегьула гьел кӏиялго артистазда гьоркьор гӏун рачӏанилан.\nНагагьаб балагьалъ Гӏайшатидаса ятӏалъана цо йикӏарай яс, кӏиго вацасул яц, гьитӏинай Патӏимат. Камуна цӏикӏкӏарав вац Тидурилав. Амма Гӏайшат къуркьичӏо, артисткаялъул сабру гӏуна кинабго хӏехьезеги, хӏалтӏулъ ракӏчӏун гали цебе тӏамизеги», — ян хъвана Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас.\nГӏайшат Къурбановалъ къотӏизе толаро творчествоялъул хӏалтӏи, цоялдаса хадуб цоял хӏала захӏматал ролал. Мухӏамад Сулимановасул «Мугӏрузул хъалаялда» Райгьанатил, Расул Хӏамзатовасул асараздасан гӏуцӏараб композиция «Магӏаруласул рагӏиялда» Патӏиматил роль, Вахӏидил «Лъутарав бахӏарав» спектаклялда Хъаничал. Советияб театралияб искусствоялъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло Къурбанова Гӏайшатие 1970 соналъул 23 ноябралда кьуна «РСФСРалъул мустахӏикъай артистка» абураб цӏар.\nГӏайшат Къурбанова хварал къояз дица «Хӏакъикъаталда» хъван букӏана гьадин: «Къана Гӏайшатилги гӏумрудул пардав», — илан. Гӏумрудул къоязул пардав къаниги, даим рагьараблъун хутӏизе буго гьей ракӏалдещвеялъул кӏиабилеб гӏумрудул пардав."}
{"slug": "6369-kumek-khiazhatal-l-imal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6369-kumek-khiazhatal-l-imal", "title": "Кумек хӏажатал лъимал", "date": "2019-11-25 10:35:52", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Махӏачхъалаялда бугеб «Россия – дир тарих» музеялъулаб комплексалда тӏобитӏана канлъукъал ва беццал лъималаз рахъарал суратазул, гьез гьарурал ясикӏабазул выставка-ярмарка. Къиматалъ реэдичӏел лъималазухъ балагьун пикру гьабулеб букӏана киндай гьез гӏумруго гьабулебилан. Амма гьез гьарурал берцинал ясикӏабазухъги, рахъарал суратазухъги, гӏисинал квераз гьарурал тӏугьдузухъги, курхьабазухъгун рахсазухъги балагьидал, киназго абулеб букӏана киндай гьезда кӏварабилан гьадинаб берцинлъи гӏуцӏизе.\nТӏубанго канлъукъай Аминатица бицана анлъго сон базегӏан, дагьабго къадаралда бугониги, жинда канлъи бихьулаанин. Гьанже гьейги, канлъукъазул школалда, ругьун гьаюлей йиго курхьабиги, расуда ралел заколкабиги гьаризе. Батӏи-батӏиял кьерал ратӏарахъизеги малъулила кверги квашун.\nГьединал гьайбатал лъималазе чӏезарун ругел шартӏазулги гьезул хӏалтӏулги бицун кӏалъана захӏматалъул министр Изумруд Мугудинова. Данделъиялда кӏалъана республикаялъул беццазул жамгӏияталъул председатель Хавлатин Назирхӏажиев, «Дагъистаналъул гӏолохъанал инвалидал» цолъиялъул председатель Хӏайбула Мухӏамадов, Избербаш школа-интернаталъул директор Шамай Валибахӏандова ва цогидалги."}
{"slug": "6370-kanl-i-k-asi-arab-k-ad-gurogo-bachiunaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6370-kanl-i-k-asi-arab-k-ad-gurogo-bachiunaro", "title": "Канлъи: къаси араб къад гурого бачӏунаро", "date": "2019-11-25 10:48:04", "categories": ["pismo"], "text": "Ахирал соназда улкаялъул хӏукуматалъ кӏвар кьолеб буго росабалъ ругезул гӏумру цебетӏезабиялде.\nАмма Шамил районалъул Къелеб мухъалда ругел Сомода, Хьонохъ, Гӏурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ, Ругъелда ва Ракьубгун Дагъбаш росабалъ токалъул рахъалъ расги лъикӏаб хӏал гьечӏо. Кинха букӏинеб, магӏарухъ ругел санагӏалъабазул бугезего бугеб токцин мех-мехалда унеб бугони. Чанго сон буго районалъул рехсарал росабалъе ток биччалеб подстанция Лъахъ росулъ бугелдаса. Кинаб гӏайиб ккун ток аниги, рехсарал росабалъ ток букӏунаро нахъисеб къоялъ радал сагӏат микьго тӏубазегӏан. Гьедин букӏиналъе гӏиллаги подстанциялда къаси дежурнияв техник хӏалтӏизе штат гьечӏин абулеб буго. Гьелъул хӏакъалъулъ бицун гӏемерал хьвадана гьел росабазул бутӏрул токалъул иш тӏубалел идарабазде. Бугеб ахӏвал-хӏал лъала районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасдаги. Хасалил чанго моцӏалъ Лъахъ подстанциялда хӏалтӏулев дежурнияв техникасе гӏарацги кьун букӏана гьес. Хьитал хвезегӏан республикаялъул идарабазде хьвадана Ругъелда росдал бегавул Гь. Гьитӏинамухӏамадовги. Амма гьеб суал тӏубазе лъилго къуват гӏолеб гьечӏо.\nХӏисаб гьабеха, подстанциялъул хӏалтӏухъанасе кьезе штат гьечӏинги абун, 8 росдал жамагӏатги, Ругъелда бугеб учасковияб больницаги, гьоркьохъеб школагун интернатги, мадрасалда цӏалулелги токалдаса махӏрумлъизе ккани, расги бигьаяб масъала гуро. Къойидаса къойиде квачалъ ханлъи гьабулеблъиги лъалеб бугони, щибдай гьабун лъикӏаб букӏинаян ургъалилъ руго росабазул нухмалъулелги. Щиб гӏайиб жидеда бугебилан абулеб буго жамагӏатазги.\nБокьилаан республикаялъул тӏадал идарабаз гьеб суал роцӏцӏинабуни."}
{"slug": "6372-nur-sunareb-bak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6372-nur-sunareb-bak", "title": "Нур сунареб бакъ", "date": "2019-11-25 11:01:00", "categories": ["kultur"], "text": "Наби Гӏисаев гьавуна Цӏунтӏа районалъул Гьинухъ росулъ. Лъугӏизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Хӏалтӏана Цӏунтӏа районалъул «Захӏматалъе рецц» абураб газеталда, Гьинухъ росдал гьоркьохъеб школалда магӏарул мацӏалъул учительлъун. Гьабсагӏаталда вуго хӏалхьиялда.\nНаби Гӏисаев ккола кучӏдузул тӏахьазул автор. Шагӏирасул юбилеялде басмаялде бахъун букӏана гьесул тӏасарищарал асаразул кӏиго том. Дагьалъ цебе басмаялде бахъана гӏурус мацӏалде таржама гьарурал кучӏдузул кӏиабилеб мажмугӏги. Газеталда бахъулеб буго «Нур сунареб бакъ» абураб поэмаялъул бутӏа.\nЭбел, гьанже дур рукъ чӏегӏераб лахӏду,\nЧӏвараб ракӏгун вуго хабаде къулун,\nЭбел, эбелилан ахӏи баниги,\nДуца данже жаваб гьабулеб гьечӏо.\nХъирул заниялда сверун къвалги бан,\nКъоялъ гӏоданиги, хӏалхьуларо ракӏ,\nХӏажат гьечӏо дуе дир магӏил гарал,\nГурхӏелги, рахӏмуги, рекӏел бакъвайги.\nБусада унтуца кӏвекӏулеб мехалъ,\nКӏиго-лъабго рагӏи абуна дуца:\n«Дир ургъел гьабуге, ургъел гьабизе\nГьале гӏун рачӏунел дургоги лъимал.\nКанлъиги, рокьиги рекӏел хинлъиги\nСайгъат гьабе гьезий дуца гьарзаго.\nСоназ нахъа тарал халатал нухаз\nМун гьелде цо къоялъ кантӏизавила.\nРаче, дир вас, гьел битӏараб нухде,\nМалъе динул ислам гӏумруялъ, хӏал кӏун,\nХӏалалаб, хӏарамаб батӏагьабизе\nБичасул умурал тӏуразе гьарун.\nГьезий гьабе хъулухъ, гьезий кье хинлъи,\nКинабго гӏуцӏе ва цӏуне гьезие,\nЦӏадакьги гӏаздакьги гӏакъуба хӏехьон,\nНижеца нужее гӏуцӏараб гӏадин.\nЩукру-рецц хӏалкӏолев Бетӏергьанасе,\nГьанжелъизегӏанги чӏаго таралъухъ,\nЧанги чӏегӏераб къо къулчӏананиги,\nКъварилъи гӏисиназ кӏоченабуна».\nДир хьолбохъ эхетун анкьабго лъимер\nДуца абуралъул хӏисабалъ буго,\nВа дур рагӏабазул магӏна, гъварилъи,\nМех анагӏан, цӏикӏкӏун бичӏчӏунеб буго.\nБаркала дуй, эбел, нухда гъветӏ гӏадин,\nНижер хьолбохъ даим яхъун чӏаралъухъ,\nМагӏарул гьайбатал гӏадатал цӏунун,\nГӏаданлъи-яхӏалъул дарсал кьуралъухъ.\nДур лъикӏлъи, гӏадатлъи, гӏадан хиралъи\nХвезегӏан хъваниги, хъван бахъунаро,\nБокьанагӏан гӏемер сонал кьуниги,\nНалъи бецӏун дихъа бажариларо.\n***\nМагӏарда чанил гӏадин,\nЧара хун угьдула ракӏ\nДуда бер чӏвалеб мехалъ,\nДуда бер чӏвачӏеб мехалъ,\nДир эбел!\nГӏоралъ бачунеб бакъан,\nБакъуца кьолеб хинлъи\nГьанже мукъсанлъун буго,\nГьанже мукъсанлъун буго,\nДир эбел!\nГьале дун рокъов щвана,\nБалагьана – мун гьечӏо,\nМун гьечӏеб мехалъ дие\nДунялалъул кеп гьечӏо,\nДир эбел!\nДагӏба гӏемерлъун буго,\nГӏадан учузлъун вуго,\nГӏадлу тӏеренлъун буго,\nТӏаса лъугьа дидаса,\nДир эбел!\nНижер гьасда цӏа свана,\nДир рукъалъул бакъ свана,\nСоназ бихьичӏо дида\nГьадигӏан квачараб март,\nДир эбел!\nЛъимал хадур ралагьун\nХутӏун руго ургъалилъ,\nХабал къаналги рорхун,\nЯчӏунарей щайзе мун,\nДир эбел!\nРукъ цӏурал лъималги тун,\nХадуй лъадиги ана,\nЛъиде ургъел чучилеб,\nЧорхол хиял бикьилеб,\nДир эбел!\n***\nДун – инсул вас, гьанже дун\nВасазул эмен вуго,\nАллагьасе гурони\nДица бетӏер къуличӏо.\nКъварилъи лъималазда\nЛъазе тани малъгӏанаб.\nМунни щиб, Бетӏергьанги\nТӏаса лъугьунге абе.\nХӏинкъани, нахъе къани,\nКъавулъ питна бекьани,\nДур хабаде вахине\nКъуват дие гӏеларо.\nКӏалдиса хинкӏ бахъараб\nХӏукумат бачӏаниги,\nХӏалкӏолъи – кӏудав Бичас\nЧед камун ниж толаро.\nАмма кьвагьи къотӏараб\nСордо гьечӏо, къо гьечӏо,\nКъварилъи чанги лъана,\nЛъимал чанги гъурана.\nЩогеги тӏаде балагь –\nГьале щивасул анищ.\nНаслу гӏезе биччан те,\nГӏурда тӏугьдул киниги.\nДуниялалъул рокъоб\nРекъелги гьудуллъиги\nГьарула дица, эбел,\nАллагьасул цӏар бахъун.\nЦӏуне ракьалда лъимал\nРокъукъал харбаздаса,\nГьезие гвангъизе те\nТалихӏалъул багӏарбакъ.\nГьеб мехалъ питна къина,\nГьеб мехалъ кьал къотӏила,\nГьеб мехъалъ ахӏулеб кечӏ\nДир батӏияб букӏина."}
{"slug": "6373-bombayalda-tiadgi-kiusun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6373-bombayalda-tiadgi-kiusun", "title": "«Бомбаялда» тӏадги кӏусун…", "date": "2019-11-25 11:14:37", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жиндирго ккараб цо лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Гӏумаров Ахӏмад абулев чияс:\n«Дир гьудул Рафикица дун Махӏачхъалаялъул Учхоз авалалде гьоболлъухъ ахӏун вукӏана. Богорокъоб квана-гьекъолаго, столалда гъоркь чӏечӏого хӏатӏазда балеб цо жоялъ дир санагӏалъи хвезабун букӏана. Гьеб нахъе босизе бегьуларищин гьикъидал, Ахӏмадица абуна: «Нижееги цӏакъ бокьун буго гьеб нахъе босизе, амма къуват гӏоларого буго, — ян». Хадуб, тӏансаги нахъе чӏван, столалда гъоркьан унеб бицатаб газалъул рогӏороги бихьизабун, гьес абуна: «Тункӏихарил бочкаялда тӏад гӏадаб гӏумру буго нижер, гьелъул гӏарз гьабун, хитӏаб гьабичӏеб бакӏ течӏо, амма щибго пайда ккечӏо. Газалъул роргӏрида тӏад кваналел хинкӏазулги щиб тӏагӏамха букӏинеб?! Ахӏмадица бицунеб жоялда тӏуванго божичӏого, Учхозалде цӏех-рех гьабизеян щварав дица, цо минаялда гъоркьан унеб газалъул мухъалъул суратал рахъулел рукӏана. Тӏаде вачӏарав минаялъул хважаин Къурбаница абуна: «Нижер азбаралдаги минаялдаги гъоркьа гӏебеде унеб буго газалъул гьаб труба. Гьелъул бугеб хӏинкъи лъайдал, я кваналеб кванил тӏагӏам гуро, я кьижун макьуялъул хӏалхьи гуро, нерваби хун, гӏадаллъизехъин вуго дун. Лъеберго соналъ милициялда хӏалтӏана, лъалел хӏакимзаби гӏезегӏан руго, амма лъихъе аниги, кибе хитӏаб гьабуниги, бадиве валагьулев чи кколев гьечӏо. Хехал тадбиралги гьарун, гьаб труба цоги бакӏалде бахъичӏони, кӏудияб балагьалде рачиналда хӏинкъи буго», — ян.\n«Газпром трансгаз Махӏачхъала» ОООялъул жавабияв хӏалтӏухъанас (газеталда цӏакъ рехсезе гьев разилъичӏо) абуна: «Гьаниб бицунеб бугеб газалъул рогӏоро уна Махӏачхъалаялъул Казбековасул къватӏалдаса байбихьун, Семендер поселокалде щвезегӏан. Гьелда тӏад ва аскӏор цун ран ругел нус-нус минабазда жанир гӏумру гьабун руго аза-азар чи. Гьезул гӏумруялъе ва магӏишаталъе буго кӏудияб хӏинкъи. Ракьулъ бугеб цӏамул лъамалъиялъги, кьавуцаги кванаялъ, гьел тӏеренлъичӏогоги загӏиплъичӏогоги рукӏунаро. Лъида лъалеб гьезул «сахлъиялъул» бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏал? Лъида лъалеб гьеб сабаблъун щиб балагь ккезе бугебали? Гьелдалъун гӏадамазеги гьезул минабазеги бокьараб лахӏзаталда жаниб ккезе бегьула хӏатталдаса ун цӏикӏкӏараб зарал.\nГьенир ругел нус-нус минаби риххизе ва аза-азар гӏадамал гьениса гочинаризе бегьуларо. Амма заман щун буго газалъул рогӏоро цоги рахъалде бачине. Гьеб ккола кида-къадги гьабичӏого гӏолареб хӏалтӏи.\n1999 соналъул 31 марталда къабул гьабураб №69-ФЗ «О газоснабжении в РФ» абураб федералияб законалъул №28 статьяялдаги, РФялъул ракьул кодексалъул № 90 статьяялъул анлъабилеб пункталдаги, РФялъул Гостехнадзоралъ тасдикъ гьабураб магистралиял газалъул мухъал цӏуниялъул къагӏидабаздаги, «Магистралиял газалъул мухъазда аскӏор минаби ва цогидал бакӏал раялъул низамаздаги мухӏканго бихьизабун буго кӏудияб тӏадецуялъул газалъул рогӏоро ракӏчӏараб ва хӏинкъи гьечӏеб къагӏида букӏинабиялъе, гьединго авариялъулаб ахӏвал-хӏал ккеялдаса гьел цӏуниялъе законалдалъун цебеккунго хӏисабалде босун ва тасдикъ гьабун буго гьезда аскӏор чарагьечӏого рукӏине кколел цӏуниялъулал зонаби ва букӏине бегьулеб бищунго гьитӏинаб манзил.\nАвлахъалда бугеб газалъул мухъалъул кӏиябго рахъалда букӏине ккола 25 метралъул цӏуниялъулаб зона. Газалъул мухъалдаса минабазде ва цоги рарал бакӏазде – 100-ялдаса 300 метралде щвезегӏан манзил, гьеб бараб букӏуна трубаялъул биццалъиялда ва гьелъул категориялда. Цӏуниялъулаб зонаялда гьукъараб буго гӏадамаз гӏумру гьабулел минаби ва цоги бакӏал разе, гӏи-боцӏи хьихьизе ва, газалъул мухъ хӏалтӏизабиялдаса пайда босулеб идараялъул (масала, «Газпром трансгаз Махӏачхъала» ОООялъул изну гьечӏого, киналгӏаги хӏалтӏаби гьаризе.\nДРялъул ракьалдасан унеб буго лъабго кӏудияб магистралияб газалъул рогӏоро. Цебечӏезабе, цогун бащдаб диаметралъул трубаялдасан кутакаб тӏадецуялда унеб гучаб газалъул гӏор. Авария ккани, цӏадул мацӏалъ къвагъун реххула 500 метралъул сверухълъиялда бугеб кинабго рухӏчӏаголъи.\nГьединаб хӏинкъи бугониги, хӏинкъи бугел зонабазда гьоркьоса къотӏичӏого тӏатинабула гӏадлу хвезабиялъул хӏужаби. Шагьаразул ва районазул бутӏрузда, гьединго газалъул мухъалда аскӏор ругел ракьаздаса пайда босулел чагӏазда «Газпром трансгаз Махӏачхъалаялъ» лъагӏалида жаниб кӏиго нухалда лъазабула газалъул балагьалдаса цӏуни-къай гьабеян ва газалъул мухъалда аскӏоб цӏуниялъулаб зонаялда букӏине кколеб манзил тезе кколилан.\nГьел тӏалабал цӏуничӏолъиялдалъун ккараб балагьалъул цо гьадинаб мисал бачана гӏемерал соназ «Газпром трансгаз Махӏачхъала» ОООялда инспекторлъун хӏалтӏарав Мухӏамадов Гьитӏинас:\n— Гӏала-гъважа гӏемерал 90-абилел сонал рукӏана дол. Цо пуланав чияс Семендер поселокалде унеб газалъул рогӏороялда тӏад мина балеб бугеблъи лъан, цӏех-рех гьабизе витӏана дун. Рогӏоро унеб бугоан минаялъул кӏиябго рахъалдасан кьучӏги борлъун. Закон хвезабулеб бугин, минаялда цӏа ккеялда хӏинкъи букӏунин абун дагӏба гьабизе дун лъугьиндал, хважаинас дида рихьана ракьул участкаялъул зеленкаги ва гьелда тӏад мина базе ихтияр кьурал документалги. Лъабго лъагӏалидасан лъана, газалдаса цӏаги ккун, гьеб минаги тӏолабго хъизанги бухӏун букӏин. Гьединал лъугьа-бахъинал гӏемерал ккола, — ян.\nУчхозалдаго гӏадинаб, минабиги рорлъун унеб газалъул рогӏоро буго Махӏачхъалаялъул Ленинский ва Кировский районаздаги. Гьенир рарал цо-цо минаби руго я шагьаралъул архитекторасул, яги кадастровияб палатаялъул изну гьечӏого рарал. Магистралияб трубаялда жанисан унеб газалъул тӏадецуй буго 55 атмосфер, (рокъоб хӏалтӏизабулеб газалъул тӏадецуй — 0,00013 атмосфер).\nБалагьалдаса цӏуниялъе газалъул мухъ кӏванагӏан хехго цогидаб бакӏалдасан бачине ккола. ДРялъул хӏукуматалъ абулеб буго, гьеб хӏалтӏиялъе харжал «Газпром трансгаз Махӏачхъала» ОООялъ гьаризе кколин. Гьелги чӏун руго харжал гьаризе кколин изну гьечӏого гьенир минаби раразилан абун.\n«Газпром трансгаз Махӏачхъала» ОООялъул изну гьечӏого газалъул мухъазда аскӏоб цӏуниялъулаб зонаялда киналгӏаги хӏалтӏаби гьаризе бегьуларо. Ракьул участок босулелъул ва мина базе план бахъулелъул, чара гьечӏого лъазабе аскӏоб цӏуниялъулаб зона бугищали. Лъикӏаб букӏина, участкаялъул мадугьалзабазда цӏехон, аскӏосан унеб газалъул мухъ бугищали лъазабуни.\nГьеб масъалаялда тӏасан гӏарз гьабизе яги цӏехезе бокьараб суал бугони, ахӏе гьал идарабазул специалистазухъе:\n368018, г. Махачкала, пос. Турали, ул. Сурхай-Хана, тел.: 8(8722)51-96-14, +7 (958)453-24-93;\n368600, с. Сабнова, Дербентский район, фед. а/д «Кавказ», 932 км,\nтел.: 8(8722)51-99-04, +7 (958)453-24-99;\n368870, Тарумовский р-н, с. Тарумовка, пер. Гагарина, д. 39,\nтел.: 8(8722) 51-96-00, +7 (958)453-24-87;\n368124, г. Кизилюрт, фед. а/д «Кавказ», 759 км, тел.: 8(8722)51-97-04;\n368552, Каякентский р-н, с. Первомайское; тел.: 8(8722)51-98-04, +7 (958)453-24-96."}
{"slug": "6374-bokarab-matsialda-kial-ala-ganir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6374-bokarab-matsialda-kial-ala-ganir", "title": "Бокьараб мацӏалда кӏалъала гьанир", "date": "2019-11-25 11:34:40", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏиго батӏияб мацӏ лъалеб бугони, цоялдаса цогидалде щиб бугониги буссинабизе расги захӏматаб иш букӏинарин абизе бегьула гьеб хӏалтӏиги жиндаго хъинтӏичӏев, гьелъул хаслъиги лъаларев чиясда.\nАмма, хӏакъикъаталда, гьеб буго цӏакъго кӏвар бугеб, таржама гьабиялъе камилаб махщел къваригӏунеб хӏалтӏи. Ингилисгун паранг гӏадинал мацӏаздаса бокьараб текст гӏурусалде буссинабун бажарулел гӏадамал гӏезегӏан руго. Амма расги бигьаяб иш гуро къватӏисел пачалихъазулгун Россиялъул цо-цо регионазул къанагӏатал (хасго миллияб мацӏалда хъвай-хъвагӏай гьечӏел миллатазул) мацӏазда ругел баяназул таржама гьаби. Гьел ва гӏемерал цогидал суалал тӏурала таржамаялда хурхараб кинабго хӏалтӏи нухда бачунеб «Таржамаялъул идара — мацӏазулаб маслихӏат» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъ. Гьелъул нухмалъулев Исмагӏил Таймасхановасулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.\n— Исмагӏил, дуца нухмалъи гьабулеб гӏуцӏиялъул аслияб хӏалтӏи щиб?\n— Нижер аслияб хӏалтӏи буго батӏи-батӏиял мацӏазда ругел хъвай- хъвагӏаял, баянал гӏурус мацӏалде руссинари. Жибго жиндаго чӏараб жамгӏияб гӏуцӏи букӏаниги, ниже къайимчилъи гьабула Дагъистаналъул мацӏазул, адабияталъул ва маданияталъул институталъ. Нижер идара хӏалтӏулеб буго 2014 соналдаса нахъе, гьабсагӏаталда гьелда гьоркьов вуго 200-гӏанасев таржамачи. Гӏемерисеб мехалда таржамаби гьаризе ккола батӏи-батӏиял судазул гьариялда рекъон. Законалда рекъон, судалде гъоркье ккарал гӏадамазул ихтияр буго хӏажатал баянал рахьдал мацӏалда щвезе. Гьезие гьединаб рес кьезе тӏадаб буго пачалихъиял идарабаздаги. Гьединлъидал гьел хӏажаталлъун ккола нижер гӏуцӏиялде хитӏабал гьаризе. Хӏисаб гьабидал, щуго лъагӏалида жаниб нижер хӏалтӏухъабазул кверзукьан ун буго 46 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун документ.\nНижер гьанив гьечӏев вакил вуго цохӏо монголазул. Вукӏана гьеб мацӏалъул таржамчиги (Россиялъул гражданин-монголав), амма гьесул хӏажалъи букӏинчӏолъиялда бан, гьев нахъе ана.\n-Таржамачагӏазе харж кин кьолеб?\n— Гьезие чӏезабураб харж гьечӏо, гьабураб хӏалтӏухъ мухь кьола сайгъат хӏисабалда. РФялъул хӏукуматалъул №12040 хӏукмуялда рекъон, гьедин гьабураб хӏалтӏухъ кьезе бегьулеб сайгъаталъул роцен мухӏканго чӏезабун буго. Гӏемерал рукӏуна, кумек хӏисабалда, ай гӏарац босичӏого гьарулел хӏалтӏабиги.\n— Нужерго гӏадинал гӏуцӏаби жеги ругищ Дагъистаналда?\n— Нижеца гӏадин рагӏа-ракьанде щун, пачалихъиял тӏалабазда рекъон хӏалтӏи гӏуцӏараб идара Россиялдацин къанагӏат гурони гьечӏо. Гьединлъидал, Россиялъул гӏемерал регионаздаса кумек гьарун нижехъе рачӏуна батӏи-батӏиял идарабазул вакилзаби ва нижер хӏалтӏухъаби щвечӏеб регионги къанагӏат гурони батиларо. Дунгоцин щвана Воркутаялде гӏунтӏун.\n— Таржама гьабизе бокьарал кире, ай щиб адресалда рекъон рачӏине бегьулел?\n— Махӏачхъала шагьар, Йирчи Хъазахъил къватӏ, №2 «б». Гӏицӏго кагътида бугеб таржама бугони, хасаб къотӏи-къай гьечӏого тӏубазе бегьула мурад, кӏалзулаб таржама бугони, хъвала къотӏи-къай. Масала, Аргъвани росдал рахъалдасан бачӏун букӏана VII-VIII гӏасрабаздаса хадуб, Шамалдаса (Сирия) рачӏарал гӏарабаз гьезул кӏиго росдада гьоркьоб ккараб бахӏсалъул хӏакъалъулъ гьабураб хъвай-хъвагӏай. Хӏажат букӏана хӏакъикъат загьир гьаби. Нижеца данде гьаруна лъикӏаб хӏалалда гӏараб мацӏ лъалел, рехсарал хӏужабазе къимат кьезе кӏолел гӏалимзаби ва рагьана некӏсияб заманалда букӏараб тарихияб хӏужа.\n— Таржама гьабизе бищун захӏматаб мацӏ щиб батараб?\n— Захӏматаллъун рикӏкӏине бегьула рутулазул, цӏахуразул, цӏакъго гӏемерал свералаби ругеб табасараназул мацӏал. Жибго мацӏ гӏемер захӏматаб гьечӏониги (гӏуцӏиялъул рахъалъ гьеб гӏагараб буго магӏарул мацӏалде) гӏараб мацӏалда хъвараб документги буго таржама гьабизе цӏакъго захӏматаб.\n— Гьабсагӏаталда магӏарул мацӏалъул бугеб ахӏвал-хӏалалъе щиб къимат дуца кьолеб?\n— Дир пикруялда, росабазул администрациязда тӏадаб буго административияб нухмалъиялда гьарулел хъвай-хъвагӏаял рахьдал мацӏалда гьаризе. Гьедин гьабизе лъицаниги гьукъунги гьечӏо. Киналго кагътал гьедин хъвалел ругони (загӏипго гӏурус мацӏ лъалев чияс шагьаралъул бокьараб идараялдаги хӏалтӏизабизе бегьула рахьдал мацӏ, гьебги гьукъун гьечӏо) гьелдалъунги мацӏ цӏуниялъе квербакъи щвелаан. Дагъистаналъул мацӏал лъугӏун иналъе хӏинкъи букӏиналъе гӏилла буго нилъеца гьел хӏалтӏизарулел гьечӏолъи. Советияб заманалда пачалихъиял документалцин (лъимер гьабиялъул, хӏалтӏул ва гь.ц.) рукӏана гӏурус ва миллиял мацӏазда хъварал. Миллаталъул, маданияталъул, тарихалъул бечелъи рахьдал мацӏалда гӏадин загьир гьабизе кӏоларо. Таржама гьабураб мацӏ релълъуна тӏансаялъул нахъисеб рахъалда, гьединаб накъищ гӏемер загьираб жо букӏунаро. Рахьдал мацӏалда гӏадин гъолъул берцинлъиги, тӏокӏлъиги, гьайбатлъиги цоги мацӏалда загьир гьабизе кӏоларо."}
{"slug": "6376-chakhike-kili-bichchaze-begilaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6376-chakhike-kili-bichchaze-begilaro", "title": "Чахьикье кьили биччазе бегьиларо", "date": "2019-11-25 11:48:16", "categories": ["obshestvo"], "text": "100-ялдасаги цӏикӏкӏун сон тӏубараб нилъер магӏарул газеталъе нухмалъи гьабуна 15 редакторас ва гьанжесеб «Хӏакъикъаталде» щвезегӏан гьелда цӏарги хисана 12 нухалда.\nАхираб 10 соналда жаниб цо министерствоялда 13 министр хисулеб хӏужаялде дандеккун, узухъда, редакторзабазул къадар гӏемераб гьечӏо.\nГьел, Махӏач Дахадаевасдасан ва Шамилил васасул яс Написатидасан байбихьун, хӏакъикъаталдаги руго магӏарул миллаталъул, гьелъул адабияталъул ва маданияталъул цебетӏеялъул иццул бетӏералда ругел жавабиял гӏадамал.\nГьезул цояв ккола Цӏумада районалъул Лъондодаса Мухӏамад Шамхаловги (1916-1965). Гьев вукӏана журналист, хъвадарухъан, 1957 соналдаса 1978 соналде щвезегӏан, ай 21 соналъ «Багӏараб байрахъалъул» редакциялъе нухмалъи гьабурав гӏуцӏарухъан. Гьес 1957-1969 соназда нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул Журналистазул союзалъеги.\nЖакъа нилъер жамгӏияталда рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏал лъаларев чи республикаялда ватиларо. Рокъоб эбел-инсуца кӏвар кьунгутӏиялда цадахъго, школаздаги гьездехун цо кӏудияб рокьи бугин абизе захӏмат буго. Гьединлъидал рахьадал мацӏ бицунезул къадарги къойидаса къойиде дагьлъулеб буго, гӏолеб гӏелалда гьеб бицинего лъалеб гьечӏо.\nГьебги хӏисабалде босун, магӏарул редакциялъул хӏалтӏухъабаз, Журналистазул союзалъул нухмалъулез росабалъе ун, гьеб суалалда сверухъ бугеб хӏал лъазабула, ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялъе кӏвараб хӏаракатги бахъула.\nГьеб мурадгун гьал къоязда ниж щвана М. Шамхаловасул росулъе – Лъондоде. Цебе кӏудияб букӏаниги, гьанже росулъ хутӏун буго гӏицӏго 50-ялде гӏагарун цӏараки.\nШколалъул минаги къачӏалеб букӏун, гьениб дандчӏваялде цӏалдохъаби ракӏаризе рес ккечӏо. Гьединлъидал данделъана берцинго къачӏараб, киналго шартӏал жанир чӏезабураб мадрасалде.\nГӏажаиблъи гьабизе ккараб жо, я магӏарул, ялъуни жидерго (багвалазул) мацӏалда кӏалъалел гӏолилал гьенир рихьулел рукӏинчӏо. Киназго бицунеб букӏана гӏурус мацӏ. Хӏатта, как базе рачӏараздехун гьабулеб вагӏзацин дибирас гьабуна гӏурус мацӏалда. Къадекакги бан, мажгиталдаса къватӏире лъугьунеб бакӏалда вихьана лъабго-ункъо сон барав гӏадав кӏиго вас. Гьезухъ гӏенеккидал, бицунеб бугоан гӏурус мацӏ. Школлъималазул дарсиде индал, 12 цӏалдохъанасда гьоркьоса гӏицӏго цо вас ватана магӏарул мацӏ лъалев.\nРосулъе бачӏунеб гьечӏо газета. Ракӏалде ккана, чӏаго вукӏаравани, щибдай гьелда абилаан мунагьал чураяв Мухӏамад Шамхаловасилан. Миллаталъул канлъун кколеб магӏарул газеталъе подписка гьабиялъулни бицинарин, мугӏрузул районазде унелъул гьенир дандчӏвалел магӏарул росабазул цӏаралгицин хъвалел руго нилъер гуреб мацӏалда. Бегьилароандай гьел, Конституциялъ рес кьовухъе, кӏиго мацӏалда хъвазегӏаги.\nНилъер миллаталъе кьураб мацӏ гӏумруялда цадахъ Бетӏергьанас кьураб гурищ бугеб, щайха гьеб цӏунун кӏалъазе бегьуларел диниял церехъабиги?!\nХириял миллатцоял, бегьиладай нилъеца гьедигӏанго цӏакъ чахьикье кьили биччазе? Гӏурус мацӏалде данде рагӏи абулеб, гьелда гӏайибчӏвалеб мех гьаб гуро, гьелъ нилъер миллат цебетӏеялъе гьабураб квербакъи бицине хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб буго. Гьелъие бергьараб къимат кьуна Расул Хӏамзатовасги цогидал магӏарул церехъабазги, амма «рукъ бакъараб садакъа гьабугеян» гурищ умумузул кици бугеб? Расулица абухъе, щай бегьулареб нилъер гӏумрудул гьоко цӏазе кӏиябго чу базе: магӏарул мацӏги гӏурус каламги.\nГьединлъидал нилъее цебего ургъизе заман щун буго нилъер миллат хутӏи-хутӏунгутӏи жинда бараб гьеб суалалда тӏад. Щайгурелъул жакъа бахъулеб «Хӏакъикъат» газетаги тӏадругезе бокьухъе электронияб къагӏидаялде сверизабуни, магӏарул мацӏ тӏагӏиналъул зарал жидеда хъатӏулел чагӏи руго гӏицӏго нилъ ва нилъер миллат. Гьелъие гӏайибияллъунги нилъго хутӏизе руго.\nЦо кӏудияв гӏалимчиясул рагӏаби руго: «Нужер мацӏ тӏагӏун унеб батани, гьелъие кинабниги цогидаб гӏилла гьечӏо, гьеб цӏуниялда бан нужеца тадбирал гьарунгутӏи гурони», — ян.\nГьеб битӏарабги буго."}
{"slug": "6377-buznasa-nukh-sadak-ade-kurab-giartsul-khial-gioleb-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6377-buznasa-nukh-sadak-ade-kurab-giartsul-khial-gioleb-gechio", "title": "Бузнаса нух: садакъаде кьураб гӏарцул хӏал гӏолеб гьечӏо", "date": "2019-11-25 12:00:18", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чанго сон буго, умумуз газа-белги хӏалтӏизабун, магӏарухъа гӏатӏиракьалде бахъун букӏараб Бузнаса нух цӏидасан бахъизе магӏарулал тӏаделъаралдаса.\nГьеб бахъиялъе гӏиллаги буго Хӏаригабурлъухъан унеб нух хасало хӏинкъи бугеб, эхедераял гӏемераб букӏин. Тоннелалъусан уна анцӏила ункъо районалде ва гьеб нухлул гӏунгутӏилъунги рикӏкӏине ккола халатабги юк баччулел машинабазе хӏинкъи бугебги букӏин. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, магӏарулазул жамгӏиял церехъабиги данделъун, къотӏи гьабун буго, хӏукуматалъухъа кумек щвечӏониги, халкъалъул гӏарцухъ гьеб бахъизе. Нух бахъиялъе кӏудияб хӏалтӏиги гьабулеб буго Болъихъа Мухӏамадкамил Дибировас, гьесие кӏвараб кумек гьабизе тӏаде босун буго Гьонодаса Набигула Мухӏамадовасги. Руго гьениб хӏажаталъе рортанхъулел жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, магӏарул районазул росабазул имамзабиги, бегавулзабиги, районалъул бутӏрулги.\nЦӏакъго кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб букӏиналъ садакъаде кьураб гӏарцул хӏал гӏолеб гьечӏо. Хӏисаб гьабе, кӏиго къоялъ хӏалтӏизе ккани бульдозералъ тонна соляркадул бухӏулеб буго. Гьелъул багьа — тоннаялъухъ 40 азарго гъурущ. Гьенир хӏалтӏулел экскваторалги, погрузчикалги, КАМАЗалги ругелъул, гьезиеги къваригӏинарищ цӏатари. Тӏадежоялъе, гьеб кинабго техникаялда хӏалтӏулел механизаторазеги кьезе ккеларищ мухь.\nДагьал церегӏан къоязда гьал мухъазул авторги, «фейсбукалда» бугеб «Нилъгоял» абураб къокъаялъул вакилзабиги щвана гьенире. Щвана гьабсагӏат хӏалтӏи унеб бугеб, Цӏияб Чӏикӏаб росдадехун нух бахъулеб бакӏалде. Цо кӏудияб кӏкӏалги цӏезабун, тӏасахун нух гьабизе хӏалтӏулел ругоан гьенир. Хъаранигун Ахакье унеб нухгун данделъизе гьалъул, 12-15 метр гӏеблъуда бугеб, жеги щуго километр гьабизе кколин бицана Мухӏамадкамилица. Гьеб бугоан, бакӏ-бакӏазда кьурабиги ругеб, гӏемераб ракьул хӏалтӏаби гьаризе кколеб, кӏкӏалахараб бакълъи. Кигӏанасеб заман гьеб данделъизе къваригӏунебин абураб суалалъе, Мухӏамадкамилица жаваб кьуна, кинабго бараб бугила гӏарцулал сурсатазда. Ункъо километр техникаялъ бахъулареб, цӏакъго щулиял кьурабазулги буго кӏиябго гӏоржубаде щвезегӏан борлъун кьвагьизабизе кколеб жеги нахъа. Гьеб кьуру борлъиялъулги хӏалтӏи унеб бугин бицана инженерас. Цинги Аваргӏоралда тӏасан кьоги буго лъезе кколеб. Гьелъие къваригӏунел конструкцияби жинца кьелин рагӏи кьун буго Аргъваниса сахаватав инсан Нурмухӏамад Гӏалиевас.\nДица цебесеб нухалъ гьикъидал, ресалда ругел магӏарулазул гьанибе миллион гъурущ кьурав цо чиясул цӏар рехсон букӏана Мухӏамадкамилица. Гӏезегӏан ругоан магӏарулазда гьоркьор ресалда ругел чагӏи. Магӏарухъ ругел харабазул пенсиялдаса имамзабаз ракӏарарал гъурщал гӏелищха 31 километр, гьездаса лъикӏаланго манзил кьвагьизе кколел кьурабазул бугеб, нух гьабиялъе.\nМа ша Аллагь, гӏезегӏан хӏалтӏаби гьарун руго гьенир. Жеги цӏикӏкӏун гьаризеги руго. Гьелдалъун, «Хӏакъикъат» газета гьоркьобккунги, щивав чиясде гьари буго ресалда рекъараб кумек гьабейин абураб.\nГьеб хӏалтӏуе нухмалъи гьабулел Мухӏамадкамилги Набигулаги кӏудияб ригьалде рахарал чагӏи руго. Гьединлъидал, бегьилаан Ширухангун Сайгидпаша гӏадал магӏарул, цадахъ Халкъияб Собраниялъул депутаталги рачун, гьениб бугеб хӏал бицун республикаялъул бетӏерасухъеги ун, дагьабгӏаги гьелъие кумек гьаризе.\nГьенибе гӏарац кьезе бокьараз гьаб телефоналъул номералде 8 928 595 29 76 ахӏун, Мухӏамадкамил Дибировасулгун бухьенги гьабизе бегьула. Ахӏизе бокьичӏез гӏарацги гьенибего рехизе бегьула. Номер бухьараб буго банкалъул картаялда."}
{"slug": "6384-nil-er-madugalzabi-chachan-respublika", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6384-nil-er-madugalzabi-chachan-respublika", "title": "Нилъер мадугьалзаби: Чачан республика", "date": "2019-11-25 15:58:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьоркьобе унеб Чачан республикаялъул бакътӏерхьудасан гӏорхъи буго Ингушетиялъулгун, Северияб бакътӏерхьудасан Северияб Осетиялъулгун, севериябгун югалъулаб рахъалдасан Дагъистаналъулгун, югалъулабгун бакътӏерхьудасан гуржиязул пачалихъалъулгун.\nРакьул гӏатӏилъи бащалъула 16165 квадратияб километралда. Севералдаса югалдехун республикаялъул халалъи буго 170 километр, бакъбакудасан бакътӏерхьудехун 100 километр. Республикаялъул тахшагьагьарлъун буго 290 азарго чияс гӏумру гьабулеб Грозный шагьар.\nТарихалдаса\nЧачанал ккола Кавказалъул кьолбол ва некӏсиял халкъаздасан цоял. Некӏсияб заманалдаса нахъе гьез гӏумру гьабулеб букӏана Бетӏераб Кавказалъул бакъбакудехун ругел гӏодорлъабазда. Ингушалго гӏадин гьенир рукӏана тейпабазде рикьарал жамгӏиятал. Жидер халатаб тарихалда, Кавказалъул цогидал халкъалго гӏадин гьел къеркьезе ккана гӏагараб ракьги, эркенлъиги цӏунун. Чачаназ жигараб гӏахьаллъи гьабуна ХӀX гӏасруялда имам Шамилил бетӏерлъиялда эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло пачаясул Россиялда данде гьабулеб букӏараб къеркьеялъулъги Кӏудияб Ватӏанияб рагъ унеб букӏараб 1944 соналъул 23 февралалда гитлерил фашистазе кумек гьабулеб букӏанилан абун ритӏухълъи гьечӏеб гӏиллаги бачун чачаназул тӏолабго миллат Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинаруна. Хвезабураб чачаназулгун ингушазул республикуаялъул ракь цолъизабуна Ставрополь краялде, Северияб Осетиялде. Хӏал гьабун гьезул ункъго районалде гочинаруна Дагъистаналъул цо-цо районаздаса гӏадамал – магӏарулал, даргиял, тумал. 1957 соналда Ватӏаналде тӏадруссун хадуб цебе букӏараб куцалда гӏуцӏана чачаназулгун – ингушазул республика (ЧИАССР)\nЦӏигьабун гӏуцӏи байбихьараб 1980 абилел соназул бакьулълъиялда СССРалъул республикабазда, гьездаго гьоркьоб Чечено-Ингушетиялдаги ракана ва хӏаракатчилъи байбихьана миллиял багъа-бачариязул. 1990 соналъул ноябралда Грозныялда тӏобитӏана Тӏоцебесеб Чачаназул миллияб съезд. Гьениб бищана Чачаназул Тӏолгохалкъалъулаб миллияб конгрессалъул исполком (ОКЧН). Конгрессалда хӏукму гьабуна СССРалда гьоркьоса гуребги, РСФСРалда гьоркьоса нахъе ине ва жибго жиндаго чӏараб Чачаназул пачалихъ гӏуцӏизе. Гьелъие нухмалъи гьабизе вищана Советиял Рагъулалгун-Гьаваялъулал къуватазул генерал-майор Джохар Дудаев. 1991 соналъул 8 июналдаса конгрессалъул хӏукмуялдалъун ЧИАССРалъул Доку Завгаевас нухмалъи гьабулеб Верховный Совет хвезабула ва лъазабула чияда бачӏеб чачаназул Республика (Нохчи-чо).\n1991 соналъул августалда конгрессалъул рахъколез Грозниялъул киналго административиял минаби ккола. Гьездаго гьоркьоб республикаялъул КГБялъул минаги. Гьезул тӏадецуялдалъун 6 сентябралда Доку Завгаев хӏажатавлъун ккана отставкаялде ине. 15 сентябралда ЧИАССРалъул Верховный Совет бихана.\n1991 соналъул тӏоцебесеб октябралда чачаназ президентлъун вищана Джахар Дудаев. 1991 соналъул 7 ноябралда РСФСРалъул президент Б. Ельцинил указалдалъун ЧИАССРалда лъазабуна гӏадатияб гуреб ахӏвал-хӏал. 9 ноябралда Ханкала аэропорталда рештӏана россиялъул рагъухъаби тӏад ругеб транспорталъулал самолетал. Гьел сверун ккуна яргъид гӏуцӏарал Дудаевасул аскарияз. Кавказалъул мугӏрузул халкъазул Конфедерациялъги лъазабуна Д. Дудаевасул рахъ квезе бугилан. Россиялъул нухмалъи хӏажатаблъун ккана сепаратистазулгун гара-чӏвариял гьаризе ва Ханкалаялда сверун курал рагъухъаби нахъе рачине. Чачаналда рукӏарал рагъулал часталги нахъе рачана, гьениб букӏараб гӏемерисеб ярагъ, гьездаго гьоркьоб танкал. Самолетал сепаратистазухъе кьуна. Гьелдаса нахъе ЧИАССР Россиялъул регион хӏисабалда бихана. 1992 соналъул ункъабилеб июналда Россиялъул Внрховный Советалъ къабул гьабураб законалдалъун Россиялда гьоркьоб гӏуцӏана Ингушетия республика, ай Чечено-Ингушетия бикьана Ингушетиялде ва Чачанлъиялде. Чияда бараб гьечӏолъи лъазабуралдаса Чачан республика лъугьана жибго жиндирго чӏараб республикалъун. Республикаялъул рукӏана киналго пачалихъалъулал гӏаламатал – байрахъ, герб, гимн, гьединго хӏукумат, парламент, судал. Хӏукму гьабуна жидерго рагъулал къуватал гӏуцӏизе, жидерго хасаб гӏарац – Нохара букӏинабизе.\n1992 соналда къабул гьабуна цӏияб Конституция. Гьелда рекъон Чачанлъи букӏана лъидаго бачӏеб советияб пачалихълъун. 1994 соналда Нохчи-чо Чачаназул республикаялъул цӏар хисизабуна Чеченская Республика Ичкерия абун.\n1993-1994 соналда Дудаевасда дандечӏараз гӏуцӏана Чачан республикаялъул заманалъулаб совет (ВСЧР). Советалъул мурадлъун букӏана рагъ гьабун Дудаев тӏаса рехи. Гьезул рахъ кколеб букӏана Россиялъги. 1994 соналъул ноябрь моцӏалда заманалъулаб советалъул рагъулал отрядал россиялъул рагъухъабиги гӏахьал гьарун Грозный шагьаралда жанире лъугьана. Ама гьезие битӏкечӏо, Дудаевасулаз гьел нахъчӏвана, гӏемерисел россиялъул аскариял асир гьаруна. Гьелдаса хадуб байбихьана халаткараб данднчӏей. 1994 соналъул 30 ноябралда къватӏибе бачӏана «Чачаназул республикаялда конституциялъулаб гӏадлу низам рукӏалиде кезабиялъул тадбирал», абураб Б. Ельцинил указ. Гьеб букӏана тӏоцебесеб рагъул байбихьилъун. Рагъ халат бахъана 1996 соналъул 31 августалде щвезегӏан. Гьеб къоялъ Хасавюрталда Ичкериялъул цӏияв президент А. Масхадовасулгун Россиялъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул секретарь А. Лебедица ракьлилал къотӏи-къаял хъвана. Д. Дудаев гьеб соналъул 21 апрелалда авиаракетаги речӏун чӏван вукӏана.\nРакълилаб заман халат бахъинчӏо. 1999 соналъул августалда чачанзул боевикал Цӏумада, Болъихъ, Новолак районазде тӏаде кӏанцӏана. Гьелдаса хадуб сентябралъул 30 абилеб къоялъ россиялъул аскариял чанго бакӏалдасан чачаналде жанире лъугьана. Гьаб букӏана кӏиабилеб чачаназул рагъ байбихьи.\nРагъ лъугӏун хадуб Чачаназул президентлъун вищана Республикаялъул муфтилъун вукӏарав Ахӏматӏ Къадиров. 2004 соналда теракталъул хӏасилалда гьев чӏвайдал президентлъун вищана Алу Алханов. Гьев хисун, 2007 соналда, президентлъун вищана Рамзан Къадиров.\nЖакъасеб Чачан республика\nЧачаназул республика буго гьабсагӏаталда федералияб бюджеталдаса бищун цӏикӏун дотация щолеб, цебетӏолеб бугеб регион. Рукӏалиде кезарун руго рагъул сонаца чӏунтӏизарун рукӏарал росаби ва шагьарал.\nРеспубликаялда гӏумру гьабун буго миллионгун щунусазарго чияс. Шагьарзда гӏумру гьабулеб буго республикаялъул халкъалъул 35 проценталъ, хутӏарал росабалъ. Пачалихъиял мацӏал ккола гӏурус ва чачан. Республикаялъул халкъалъул 95,3 процент руго чачанал, цогидал миллатаздасан гьенир руго гӏурусал, лъарагӏал, магӏарулал, туркал, татарал, ингушал, нугъаял. Республикаялда буго анлъго шагьар – Грозный,Урус-Мартан, Шали, Гудермес, Аргун, Курчалой.\nЭкономикаялъул рахъалъ бицани гьениб цебетӏураб буго росдал магӏишат, нефтехимиялъул промышленность, гӏи-боцӏухъанлъи ва ахихъанлъи.\nЧачаналда кӏудияб кӏвар кьолеб буго туризм цебетӏезабиялдеги, гӏемерал руго гьенир тарихиялгун-тӏабигӏиял памятникал. Гьединал бакӏазде гӏуцӏулел руго туристалъулал маршрутал, ралел руго инфраструктураялъе объектал.\nГрозныялда буго лъабго тӏадегӏанаб цӏалул заведение – пачалихъияб нартил техникияб, чачаназул пачалихъияб университетал, педагогикияб университет. Хӏалтӏулеб руго батӏи-батӏиял махщелчагӏи хӏадур гьарулел техникумал, колледжал ва гь.ц.\nНекӏсияб ва такрарлъи гьечӏеб буго чачан халкъалъул культура, бечедаб буго фольклор, героикияб эпос, кучӏдул, маргьаби. Жакъасеб чачаназул адабият буго гӏемержанразулаб. Республикаялда буго чанго библиотека, ункъо пачалихъияб театр, филармония, анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун музей."}
{"slug": "6385-shamilie-k-imat-kuna-160-sonal-tsebego", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6385-shamilie-k-imat-kuna-160-sonal-tsebego", "title": "«Шамилие къимат кьуна 160 соналъ цебего»", "date": "2019-11-25 16:03:37", "categories": ["obshestvo"], "text": "(Дагъистаналда динияб гуреб цӏалул идараялъе тӏоцебе кьуна имам Шамилил цӏар)\n19 ноябралда Гуманитариябгун-гӏемеррахъазулаб колледжалде гӏезегӏан батӏи-батӏиял гӏадамал ракӏарун рукӏана гьелъие имам Шамилил цӏар кьеялда бан.\nТӏоцебе гьеб пикру ракӏалде ккун буго колледжалъул учредитель Тавлу Казакбиевасда. Мухӏамадгӏали Мухӏамадов ДРялъул бетӏерлъун вугеб заманалда Пачалихъияб Советалда гъорлъги вукӏарав, машгьурав чилъун рикӏкӏунаан гьев.\nЦинги чанго соналъ Турциялда вукӏана. Доба Расул Хӏамзатовасул памятникги бана. Гӏезегӏан магӏарулалги нилъер тарихги бокьулев, дагъистаниял миллатаздеги рикьуларев, роцӏцӏараб гӏакълуялъул чи вугоан гьев. Тавлуян цӏар букӏиналдасанго бихьулеб гьечӏебищ гьебилан махсараги гьабуна гьес.\n«Дица имам Шамиль гӏицӏго магӏарулав гӏадин гуро къабул гьавулев. Тӏолгодагъистаналъулго Бахӏарчи вуго гьев. Гьабсагӏаталда гьечӏо миллияб идея абураб жо. Цере рукӏунаан Ленин, коммунизм абун батӏи-батӏиял цӏарал. Гьединлъидал гьанже жинда сверухъ унголъунги дагъистаниял цолъулеб цӏар Шамилил бугин рикӏкӏуна дица», — ян абуна Тавлу Казакбиевас «Хӏакъикъаталъулгун» букӏараб гара-чӏвариялда.\nГьев асир вукӏанин абураб пикруялдасаги рикӏкӏалъизе къваригӏун бугоан гьесие. Асирлъуде ккарал чагӏазе гьадалгуниял шартӏал чӏезаризе рес букӏинчӏила гӏурусазул ханас.\nГьеб пикру гьоркьоб лъураб халкъазда гьоркьосеб конференция тӏобитӏизе ракӏалда буго Казакбиевасда тӏасияб соналъ. Гьединго Шамилил хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял мацӏазда хъварал кучӏдул ахӏулеб фестивальги гьабизе бокьун буго гьесие.\n«Имам асир гьавиялъул бицине байбихьана Александр Кӏиабилевги, Барятинскийги, полковник Лазаревги хун хадур раккарал тарихчагӏаз. Гьев лъабавго чияс кибниги абичӏо жидеца Шамиль асир гьавунилан», — бицана 19 ноябралда имамасул цӏар кьезе колледжалде ракӏарарал гьалбадерида Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас.\nГьес ракӏалде щвезаруна гьанже цо-цо хасал чагӏаз Шамилиде ралел рогьралги: «Дунялалда бищунго церетӏурал гӏадамаз Шамилие къимат кьуна 160 соналъ цебего. Гьанже рахъун гьеб гьабизе лъилниги ихтияр гьечӏо».\nХархачаевас тӏаде жубана жив бищунго разияб жо кканин советияб заманалда Светогорск абун букӏараб посёлокалда цӏар Шамилхъалаян лъейги, Калугаялда имамасул музей рагьиги, гьанже гьаб колледжалъе Шамилил цӏар кьейгиян.\nГьалбадерида гьоркьой йикӏана Халкъияб Собраниялъул Комитеталъул председателасул заместитель Анна Безруковаги.\nЖиндие кутакалда асар гьабулин гьесул гӏумруялъин бицана гьелъ: «Шамилица щивниги тӏамулароан хӏалица жинда цадахъ вукӏине. Жидеего рекӏее бокьунлъиялда чӏолаан гьел киналго имамасда аскӏор. Гьединго гьесул лъудбиги. Щайгурелъул тӏадбалагьун гӏадатиявин кканиги, кутакалда къуватаб хасият бихьулаан гьезда гьесулъ.\nДида ккола гьаб колледжалъги имамасул къагӏидаялда куцан риччалин гӏолилал гьаниса къватӏире.\nБокьилаан гьез Шамилил гӏумрудул нухги Дагъистаналъул тарихги соцсетаздасан гуреб, хӏакъикъиял тӏахьаздасан цӏалун лъазабизе».\nЮрист хӏисабалда жив гӏажаиблъулин киндай Шамилица, цо хасаб академикияб лъайги гьечӏого, додинал, унголъунги пайдаял, ритӏарал законалги рилълъанхъизабулеб пачалихъ гӏуцӏун букӏарабин кӏалъана Махӏачхъалаялъул депутатазул собраниялъул председатель Абулмуслим Муртазагӏалиев.\nХасавюрталдаса чачанав, Шамилил фондалъул нухмалъулесул заместитель Гӏумар Жавтаевас бицана жиндир тухумалдаса 11 чи хванин муридзабилъун Шамилида цадахъ рагъулаго.\nГьезул цояв хун вуго 19 сон байдал. Гъазаваталде унелъул эбелалъ гьесие хъахӏаб буртина букъун буго. Дуца гьеб ургъунгойищин букъараб, бидул тӏанкӏал лъазе рукӏинеян махсара гьабула гьес эбелалъе. Цинги гьебго сордоялъ чӏван, доб буртинадулъги жемун вачӏун вуго гьев рокъове.\n«Гьеле гьедин, унголъунги жидер ишалда ракӏги чӏун, цевехъанасда божилъи гьабун рагъарал умумузул адаб хвезе тезе бегьулеб жойищ? 25 соналъ вагъулаго имамасда бихьараб гӏазаб цо къоялъгицин бихьичӏел чагӏи руго гьанже кӏалъазе рахъун», — ян абуна Гӏумар Жавтаевас.\nТадбиралъе хасаб берцинлъи кьуна Авартеатралда цебе гӏуцӏараб «Чӏарадисезул хоралъги».\nЦинги, гьеб конференция лъугӏун хадуса, киналго рахъана колледжалъул азбаралъуре. Гьенив «балагьун чӏун» ватана «имам Шамильги» — гьитӏинабго театралъул гӏадаб церерахъиналда гьесул роль хӏалеб бугоан Даку Асадулаевасул фондалъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасановас.\nАхӏун рачӏун рукӏун ратаниги, жидеего бокьун рачӏун ратаниги, азбар цӏурал (батӏи-батӏиял миллатазул) чагӏи данде гьарун рукӏана гьеб тадбиралъ."}
{"slug": "6386-zhalgo-shchapanigi-nil-er-shchivasul-shamil-tiokiab-rukhi-khialtiuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6386-zhalgo-shchapanigi-nil-er-shchivasul-shamil-tiokiab-rukhi-khialtiuleb-bugo", "title": "«… Жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамил тӏокӏаб рухӏ хӏалтӏулеб буго»", "date": "2019-11-25 16:33:58", "categories": ["rel"], "text": "Гъоркьанкьида Махӏачхъалаялда магӏарулал Миллияб библиотекаялде данделъун рукӏана гьанжегӏагар къватӏибе бачӏараб «Шамил имамасул кагътал» абураб тӏехьалъул бицине.\nГьенир кьун руго имамас наибзабазухъе, росабазул жамагӏатазухъе, диниял церехъабазухъе, гӏалимзабазухъе, хӏатта къватӏиса пачалихъазул нухмалъулезухъе хъварал кагъталгицин.\nРуго, гӏаксалда, гьез имамасухъе хъварал кагъталги. Масала, Гӏусманиязул империялъул султан Гӏабдулмажидил, Алжиралъул миллияв Бахӏарчи, рагъухъан, поэт Гӏабдулкъадирил, курдазул шайих Мухӏамал ал-Ханил кагъатл.\nТӏехьалда лъурал кагътал хъван руго 1836-1886 соназда. Гӏарабалдаса магӏарулалде гьел руссинаруна Дагъистаналъул Гӏелмияб Централъул хӏалтӏухъан, Мачӏадаса Мухӏамад Шайхмухӏамадовас.\nТӏехь гӏуцӏана Дагъистаналъул Халкъияв поэт Мухӏамад Хӏамзаевас.\nГьелъие консультантлъи гьабуна тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов), редакторлъи – ДНЦялъул хӏалтӏухъан Ахӏмад Муртазагӏалиевас.\n«Тӏехь басмаялда бахъун араб анкьида жаниб гӏадамаз нижехъе интернеталдасан битӏун бачӏана къогоялдаса цӏикӏкӏун гьединабго кагъат. Гьел малъичӏого, жеги 200 кагъатги буго басмаялда бахъизе хӏадурун. Букӏаниги, гьари буго: Шамилида хурхарал кагътал кодор ругел чагӏаз гьел нижехъе ритӏеян. Копиял рукӏанигицин гӏелаан», — илан бицана Хӏамзаевас.\nШагӏбан Хӏапизовасул рагӏабазда рекъон, гьел кагътаз нилъее тӏатинабулеб буго цебеккун нилъеда лъалеб букӏинчӏеб Имаматалда жанисеб ахӏвал-хӏал.\n«Цо пикруялде рачӏинаризе захӏматал чагӏи руго нилъ, магӏарулал. Чияр кӏалдибе балагьуларел, нилъерабго гьабулел рукӏунел. Гьединлъидал гьадавгунияв чиясул пикруги гӏамал-хасиятги баччизе, магӏарулалги данде гьаризе Аллагьас имамасе кьун букӏун бугеб гьунар загьирлъулеб буго гьел кагътаздасан», — ин абуна Мухӏамад Шайхмухӏамадовас.\nГьеб дандеруссиналда вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялда вугев РФялъул Генералияв консул Багьавудин Гӏалиевги.\nЖиндие гьеб тема кутакалда гӏагараб бугин бицана гьес. Щайин абуни Шамилица туснахъ хӏисабалда жидер доре (Багьавудин ккола Цӏумада районалъул Акнада росулъа) ритӏулел рукӏун ругила гӏайиб ккарал (политзаключенные гӏадал) гӏадамал.\nГьединаб тайпаялъул тӏехь данде гьабизе кигӏан гӏетӏ тӏезе кколебалиги лъалин жиндаян абуна Багьавудин Гӏалиевас. Цин бугони, кагътал данде гьаризе. Советияб заманалда гӏадамаз, хӏинкъиялъ, кьолеб букӏинчӏила лъихъениги жидерго архив. Гьанжени кьолеб бугила.\nКӏиабилеб масъалалъун гьес рехсана таржама гьаби: «Къираласулги хӏажизабазулги официалиял дандчӏваязда дица чанги гьабуна таржама. Амма гьал кагътазул таржама гьабизе дир кӏвеларо. Битӏараб бицине ккола. Гӏарабалдаса магӏарулалде руссинарурал гьел цӏалулаго тамашалъун вукӏана дун. Гьединлъидал гьеб ккола багьа гьечӏеб хӏалтӏиги гьединабго тӏехьги».\nИмам Шамилил цӏар чорок гьабиялда данде чӏараб тӏехьлъунги толин жинца гьебиланги тӏаде жубана Багьавудин Гӏалиевас.\n«Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевасе асар гьабун бугоан 1867 соналъ Хъварщиса Загъалас Калугаялда вугев Шамилихъе хъвараб кагъаталъ, хасго гьелъул ахиралъ.\nГьадин абулеб буго гьениб:\n«Ва, дир хӏурупал, нужгӏаги ралагье дир вацасул гьумералъухъ, нижер бераздани гьев вихьизе рес гьечӏелъул. Дида бугеб хӏалги гьал дир хӏарпаз ва гьал рагӏабаз бицина дуда».\nИмам вихьизе Загъаласул букӏараб гӏащикълъи загьирлъулеб бугила Шамилица цӏализе ругел гьел мухъаздацин гьесул жахӏда ккеялдаса.\nГьеб тӏехьалда тӏад хӏалтӏарал Хӏамзаевасеги, Шайхмухӏамадовасеги, Хӏапизовасеги, Муртазагӏалиевасеги баркала кьолаго, Бисавгӏалиевас рехсана Расул Хӏамзатовасул кочӏолъа мухъал «… жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамил тӏокӏаб рухӏ хӏалтӏулеб буго». Гьел чагӏазги якъинго бихьизабулеб бугила Шамилил рухӏ жидер бидулъги чорхолъги хӏалтӏулеб букӏин.\n(Суратал росана Миллияб библиотекаялъул сайталдаса)"}
{"slug": "6387-zhalgo-shchapanigi-nil-er-shchivasul-shamilil-tiokiab-rukhi-khialtiuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6387-zhalgo-shchapanigi-nil-er-shchivasul-shamilil-tiokiab-rukhi-khialtiuleb-bugo", "title": "«… Жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамилил тӏокӏаб рухӏ хӏалтӏулеб буго»", "date": "2019-11-25 17:17:07", "categories": ["rel"], "text": "Гъоркьанкьида Махӏачхъалаялда магӏарулал Миллияб библиотекаялде данделъун рукӏана гьанжегӏагар къватӏибе бачӏараб «Шамил имамасул кагътал» абураб тӏехьалъул бицине.\nГьенир кьун руго имамас наибзабазухъе, росабазул жамагӏатазухъе, диниял церехъабазухъе, гӏалимзабазухъе, хӏатта къватӏиса пачалихъазул нухмалъулезухъе хъварал кагъталгицин.\nРуго, гӏаксалда, гьез имамасухъе хъварал кагъталги. Масала, Гӏусманиязул империялъул султан Гӏабдулмажидил, Алжиралъул миллияв Бахӏарчи, рагъухъан, поэт Гӏабдулкъадирил, курдазул шайих Мухӏамал ал-Ханил кагъатл.\nТӏехьалда лъурал кагътал хъван руго 1836-1886 соназда. Гӏарабалдаса магӏарулалде гьел руссинаруна Дагъистаналъул Гӏелмияб Централъул хӏалтӏухъан, Мачӏадаса Мухӏамад Шайхмухӏамадовас.\nТӏехь гӏуцӏана Дагъистаналъул Халкъияв поэт Мухӏамад Хӏамзаевас.\nГьелъие консультантлъи гьабуна тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов), редакторлъи – ДНЦялъул хӏалтӏухъан Ахӏмад Муртазагӏалиевас.\n«Тӏехь басмаялда бахъун араб анкьида жаниб гӏадамаз нижехъе интернеталдасан битӏун бачӏана къогоялдаса цӏикӏкӏун гьединабго кагъат. Гьел малъичӏого, жеги 200 кагъатги буго басмаялда бахъизе хӏадурун. Букӏаниги, гьари буго: Шамилида хурхарал кагътал кодор ругел чагӏаз гьел нижехъе ритӏеян. Копиял рукӏанигицин гӏелаан», — илан бицана Хӏамзаевас.\nШагӏбан Хӏапизовасул рагӏабазда рекъон, гьел кагътаз нилъее тӏатинабулеб буго цебеккун нилъеда лъалеб букӏинчӏеб Имаматалда жанисеб ахӏвал-хӏал.\n«Цо пикруялде рачӏинаризе захӏматал чагӏи руго нилъ, магӏарулал. Чияр кӏалдибе балагьуларел, нилъерабго гьабулел рукӏунел. Гьединлъидал гьадавгунияв чиясул пикруги гӏамал-хасиятги баччизе, магӏарулалги данде гьаризе Аллагьас имамасе кьун букӏун бугеб гьунар загьирлъулеб буго гьел кагътаздасан», — ин абуна Мухӏамад Шайхмухӏамадовас.\nГьеб дандеруссиналда вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялда вугев РФялъул Генералияв консул Багьавудин Гӏалиевги.\nЖиндие гьеб тема кутакалда гӏагараб бугин бицана гьес. Щайин абуни Шамилица туснахъ хӏисабалда жидер доре (Багьавудин ккола Цӏумада районалъул Акнада росулъа) ритӏулел рукӏун ругила гӏайиб ккарал (политзаключенные гӏадал) гӏадамал.\nГьединаб тайпаялъул тӏехь данде гьабизе кигӏан гӏетӏ тӏезе кколебалиги лъалин жиндаян абуна Багьавудин Гӏалиевас. Цин бугони, кагътал данде гьаризе. Советияб заманалда гӏадамаз, хӏинкъиялъ, кьолеб букӏинчӏила лъихъениги жидерго архив. Гьанжени кьолеб бугила.\nКӏиабилеб масъалалъун гьес рехсана таржама гьаби: «Къираласулги хӏажизабазулги официалиял дандчӏваязда дица чанги гьабуна таржама. Амма гьал кагътазул таржама гьабизе дир кӏвеларо. Битӏараб бицине ккола. Гӏарабалдаса магӏарулалде руссинарурал гьел цӏалулаго тамашалъун вукӏана дун. Гьединлъидал гьеб ккола багьа гьечӏеб хӏалтӏиги гьединабго тӏехьги».\nИмам Шамилил цӏар чорок гьабиялда данде чӏараб тӏехьлъунги толин жинца гьебиланги тӏаде жубана Багьавудин Гӏалиевас.\n«Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевасе асар гьабун бугоан 1867 соналъ Хъварщиса Загъалас Калугаялда вугев Шамилихъе хъвараб кагъаталъ, хасго гьелъул ахиралъ.\nГьадин абулеб буго гьениб:\n«Ва, дир хӏурупал, нужгӏаги ралагье дир вацасул гьумералъухъ, нижер бераздани гьев вихьизе рес гьечӏелъул. Дида бугеб хӏалги гьал дир хӏарпаз ва гьал рагӏабаз бицина дуда».\nИмам вихьизе Загъаласул букӏараб гӏащикълъи загьирлъулеб бугила Шамилица цӏализе ругел гьел мухъаздацин гьесул жахӏда ккеялдаса.\nГьеб тӏехьалда тӏад хӏалтӏарал Хӏамзаевасеги, Шайхмухӏамадовасеги, Хӏапизовасеги, Муртазагӏалиевасеги баркала кьолаго, Бисавгӏалиевас рехсана Расул Хӏамзатовасул кочӏолъа мухъал «… жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамил тӏокӏаб рухӏ хӏалтӏулеб буго». Гьел чагӏазги якъинго бихьизабулеб бугила Шамилил рухӏ жидер бидулъги чорхолъги хӏалтӏулеб букӏин.\n(Суратал росана Миллияб библиотекаялъул сайталдаса)"}
{"slug": "6388-tiabigiatal-retsiel-bosuleb-bugo-nil-edasa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6388-tiabigiatal-retsiel-bosuleb-bugo-nil-edasa", "title": "«Тӏабигӏаталъ рецӏел босулеб буго нилъедаса»", "date": "2019-11-25 19:42:25", "categories": ["obshestvo"], "text": "16-20 ноябралда Каспи ралъдал рагӏалда «Журавли» комплексалде вакӏарун 27 улкаялдаса 42 вакилгун бицана битӏун кин кваназе кколелали.\nЖеги киданиги Москваялдецин щвечӏел Африкаялдаса, Америкаялдаса, Канадаялдаса, Индонезиялдаса ва цогидал бакӏалъа гӏадамал Махӏачхъалаялъул рагӏалда данде гьаруна Москваялда чӏей бугев Гъуниб районалъул Шангъодаса гӏалимчи Мухӏамадов Мухӏамадица.\nГӏелмияб къагӏидаялда абуни, гьеб букӏана дунялалда 23 абилеб нухалда тӏобитӏулеб кванил конгресс.\nГьениб Мухӏамадица кӏвар буссинабуна интересал хӏужабазде. Масала, гьев гӏажаиблъизавун вугоан Махӏачхъалаялда гӏадатияб берталъ столалда тӏад лъураб 67 батӏияб квен бихьидал. Гьебго заманалда дунялалда вакъуца холев вугила 800 млн чи. Тӏад гьан/тӏатӏи чӏван, цӏайи цӏикӏкӏарав чиги дунялалда I, 5 млн вугила.\nМухӏамадица рикӏкӏунеб буго ахираб 23 соналда жаниб инсультал, инфарктал, сахарный диабет ккеялъул рахъалъ Россиялда Дагъистан цебесеб кьерда бугилан.\n70 проценталъ гьелъул гӏайиб кванида бараб рагӏула, 25 процент – рагъа-рачарунгутӏиялда.\n«Нилъее жакъа тӏабигӏаталдаса цӏикӏкӏун нигӏматал щванагӏан квешаб бербалагьи гьабулеб буго нилъеца гьелдехун. Гьелъ нилъедаса тӏабигӏаталъ рецӏелги босулеб буго», — ян гӏезегӏан ракӏ тӏаде цӏалеб кӏалъай гьабуна Мухӏамадица конгрессалда.\nХадуб гьес интервью кьуна «Хӏакъикъаталъеги».\n— Мухӏамад, церетӏурал, машгьурал улкабиги рукӏаго, хас гьабун Дагъистаналда гьеб конгресс тӏобитӏиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Гьелъие чанго гӏилла буго. Масала, 12 сон буго дир кванида хурхараб цо системаялда тӏад хӏалтӏулев. Дир хӏалтӏиги лъайги физикагун математикаялда хурхараб буго.\n— Вахӏ. Дида ккун букӏана мун тохтур ватилилан. Кванил конгрессалдехун хурхен бугелъул…\n— Гуро. Гьадаб бицен гьабураб системаялда тӏад хӏалтӏулев вукӏиналъ диргун бухьен гьабуна клиникияб кванил рахъалъ конгрессал тӏоритӏулеб дунялалъулго гӏуцӏиялъ (гьединаб гӏуцӏийин абуни лъабго буго дунялалда – Америкаялъул (АSPEN), Европаялъул (ESPEN) ва Россиялъул).\nПалхӏасил, гьел вакилзабаз гьарана дида жидее кумек гьабейин кванил конгресс тӏобитӏизе. Цинги дица гьезда цебе шартӏ лъуна: гьабилин, амма гьеб тадбир дир ватӏаналда, Махӏачхъаялда, тӏобитӏизе кколилан. Щайгурелъул кванил рахъалъ гьанир ругел масъалабиги ресалги лъикӏ лъалелъул дида. Дол разилъана. Гьедин, анкьго моцӏалъ цебе байбихьана конгрессалде хӏадурлъизе.\n— Гьедин бигьаго кин гьел разилъарал? Дагъистан лъикӏ лъалебги букӏун батиларин гьезда.\n— Доз цебеккун дихъан тӏалаб гьабуна нилъер хӏакъалъулъ кинабгӏаги материал. Гъоркьнухалъ гьединаб конгресс Венгриялда букӏана. Гьенире рачӏарал чагӏазул сияхӏ кьуна гьез дихъе. 600 чи вугоан гьенив. Байбихьана щивасухъе кӏалъазе. Гьереси щайха, бачӏинахъего инкарги гьабичӏого, гӏемерисез жаваб кьолеб букӏана гьа, Дагъистаналдайищин гьеб гьабулеб бугеб, гьедин батани, жал ургъилин, жал ургъилин.\nГьезда гьоркьоса 42 чияс къабул гьабуна нижер ахӏи. 27 улкаялдаса гӏадамал ккола гьел. Бищун гӏемер индусал руго (батӏи-батӏиял улкабаздаса рачӏарал). Щайин абуни дунялалдагоги кванида хурхарал центразда гӏемер руго гьел. Гьединго дунялалда бищун церетӏурал математикалги программисталги руго гьезул.\nКонгрессалъул гӏахьалчагӏи ккола чанго батӏияб рахъалъул махщелчагӏи — диетологал, диабеталъул тохтурал, спортивияб кванил, лъималазул кванил ва цогидалъул экспертал.\n— Гьевщинав чиги ахӏун гьаниб гьеб конгресс тӏобитӏиялдасан щиб нужее/нилъее кколеб?\n— Цин бугони, дие бокьун буго нилъер гӏадамаз жидеца къойилго кваналеб кваниде кӏвар кьезе. Рокъоселги рукӏунаан диде бицарулел, гьалейила Мухӏамадица столалда тӏад рихьун нигӏматал толарила, нахъе росизарун. Гьариларищха, чорхое заралияллъун рикӏкӏунелщинал жалазул цӏезабун букӏунеб мехалда гьеб стол – гьуинал пирожниялгун тортал-пирогалги, цӏамги, хъахӏаб чедги, хӏалхьезегӏан гьанги. Дагь-дагьккун гьеб киналъего гӏорхъиги чӏван, бащдаб лъагӏалидасан рукӏалиде ккана нижер стол. Гьанже гьелде ругьунлъун руго нижер хъизан-рукъалъул чагӏиги. Гьебго пикруялде рачӏине бокьун буго дие цогидал нилъер ракьцоялги. Столалда тӏад лъезе ккола гӏицӏго нилъер сахлъиялъе къваригӏарабгӏанасел кванил нигӏматал. Хутӏарабщинаб квен-тӏех нилъее заралалъе чӏола.\n— Гьеб квен дагьаб букӏине ккеялъул бицуневищ мун?\n— Дагьабги пайдаябги букӏине кколилан абулев. Гьаб конгрессалда хадув рокъове щведал, чияс цӏамгун чакар дагь гьабизе лъугьанигицин кутакалда лъикӏ букӏинаан. Цадахъ кваназе лъикӏал гьечӏел нигӏматалги рукӏуна. Кванирукъалъур цоцазда дандекколаро гьел. Масала, киназго реццулел нилъер хинкӏалги гьанги – тӏубан данде кколаро.\n— Нилъер умумузе щайха гьеб данде кколеб букӏараб?\n— Щайгурелъул гьел цо параялъги чӏун рукӏунароан. Жакъа Дагъистаналда гӏадамазда гьабщинаб батӏи-батӏияб унти щай кколеб бугебали лъалебищ? Рагъа-рачарунгутӏиялъ. Нилъер умумуз бетӏербахъи мугъзаца гамачӏги баччун гьабизе кколаан. Гьез гӏадин мугӏрул-гӏалахал харулелищ нилъеца? Гьединлъидал дозие къваригӏунаан додинаб квен. Тӏубарал гӏасрабаз нилъер къаркъала ругьунлъун букӏана гьединаб къо бихьиялдеги бакӏаб квандеги. Гьанже ахираб 50 соналда жаниб чорхол къагӏида тӏубанго хисизабуна нилъеца мугӏруздаса эхереги гочун.\nБакӏаб хӏалтӏиги гьабун, нилъер умумузул чорхолъа къватӏибе кьолеб букӏараб заралияб энергия чорхолъго хутӏулеб буго. Щайин абуни гьеб къватӏибе бачахъулеб «кнопка хун букӏун». Хвеларищ, рагъа-рачарулел гьечӏеб мехалда. Амма гьеб цӏияб къагӏидаялдеги нилъер черх кигӏан кӏваниги бокьичӏого ругьунлъана. Гьеб буго нилъеца черхалда тӏад гьабулеб зулму.\nДуда лъалищ магӏарухъ нилъер гӏадамал гӏемер сонал ралелдего щай холел рукӏаралани (гьададигӏан бацӏцӏадаб гьаваги, гӏадамазул цоцаздехун недегьаб бербалагьиги, черхалъе зарядкаги щолеб бакӏалдаха) ?\n— Вахӏ, нусго сон базегӏанги хутӏулел чагӏиян гурищ абулеб букӏараб?\n— Гьел жал гьадингосел маргьаби руго. Маргьаби! Гьабсагӏаталда нилъее щвезе рес бугел гӏадал витаминалги тохтурасул кумекги щолеб букӏарабани, магӏарулаз доб мехалда дунялалда 120-130 сон балаан. Квенин абиялъе гӏоло, щвалде щвараб, витаминалги ругеб квенги букӏинчӏо доб. Ракъуца хвечӏого рукӏиналъе гӏураб жо гурони.\nТохтурасул кумек щунгутӏиялъул бицани, бищун гӏемер магӏарухъ бихьинал простатиталъ унтула. Амма хвалил бусаде кканигицин, жидер чӏухӏиялъ гьез гьеб лъиданиги бицунароан, гӏарзал рахъулароан. Гьелдалъунги къокълъулаан чиясул гӏумру.\nПалхӏасил, жакъа нилъ, тӏоцебесеб иргаялда, рикӏкӏалъизе ккола сундул гьабурабали лъалареб тукадул квандаса. Гьелдаса хадуб нилъелъ хутӏула чорокаб энергия. Гьелда данде къеркьезе кӏвечӏолъиялъин чорхолъ унтабиги раккулел. Масала, бидурихьал руго къварилъулел, инсультал руго кколел. Балагь бачӏун кваналеб буго гьуинлъи, гьан. Гььелъул щибалъул жиндирго къадар букӏуна кваназе кколеб.\nГьеле гьелъул бицунеб букӏана гьаб конгрессалда. Гьеб буго цо мурад.\nКӏиабизе. Конгрессалде рачӏарал экспертаздаса пайда босизе (гӏакълу гьикъизе) рес щвана гурищ нилъер гӏадамазе, гӏадатиял чагӏи гьел ратаниги, тохтурзаби ратаниги. Гьалбадерил киназулго интернет-адресал ругелъул программаялда хъван. Гӏезегӏан больницабабзул бетӏерал тохтурзабиги рихьана дида гьанир.\nКонгрессалъул лъабабилеб мурад – дие бокьилаан нилъер гьаниб, масала, аграрияб университеталда клиникияб кванил, диетологиялъул кафедра рагьизе. Жакъа Россиялдагицин къанагӏат гурони гьечӏо гьеб рахъалъ лъай щварал гӏадамал. Дагъистаналъулни бицинего бицинарин.\nГьеб ккола гӏелмуялъулъ баккараб цӏияб нух. Битӏун кваназе ругьун гьари. Амма бищунго чиясе данде кколареб жо буго гьесда кваназе малъи. Гьадинал тадбираздеги рачӏун, цогидаз бицунелъухъ гӏенеккани, гӏакълу дандбалеб бихьани, гьел жалго кантӏизе бегьула."}
{"slug": "6389-muzeyalda-techio-purutsgi-rukgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6389-muzeyalda-techio-purutsgi-rukgi", "title": "Музеялда течӏо пуруцги рукьги", "date": "2019-11-25 20:29:00", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ах-хуралъул бачӏиналъ цагърал цӏураб гӏуж буго гьабсагӏаталда магӏарухъ.\nХъвехъун магӏиде бахинабун буго кьариябщинаб хӏораб хӏайван. Гъоркьарукъзабахъ сокӏкӏун буго картошкагун хъабахъ, гӏечгун гени. Гьечӏо гьобол вачӏани нечараб хӏал.\nАмма, гӏайиб гурищха, гьеб бацӏцӏадаб нигӏматалде тӏаде химиялъ гӏезабураб, хумелаг-дрожалъ мехтизабураб рикъзи жубазе. Киб батилеб хинкӏал разе бацӏцӏадаб ролъ?\nНужеда ракӏалда бугищ магӏарухъ гьелчолел ролъул хурзазул заман? Хасалихъего рак бан, пурцица рекьун, гьезие гьабулеб букӏараб хъулухъ, беэнлъараб ракьулъан нахулъе нус гӏадин унеб пуруц, хурир чӏарадулел ясал…\nЧанги хараби рихьана дида рехун тарал ракьазухъ, захӏматчагӏазул къимат бугеб доб заманалъухъ магӏу тӏолел. Дунгоги щакъраххуна, магьал раччун эбелгун хьвадарал, гьанже сухъмахъалгицин гӏурдаде сверарал, мегъал рихьидал.\nАмма тӏуранго лъугӏунгиха гьечӏел гьеб баракатаб нигӏмат гӏезарулел магӏарухъ. Нуж божа, тӏорщалил лал тӏамулеб гьоцӏие щун юссана дун гьал къоязда!\nЧандай Дагъистаналда буго пурцица бекьун, харицелалъ лъилъун, оцазда нахъа лулби ран, квералъ наккуялдаса мугьги бацӏцӏун ролъул нахърател гьабулеб бакӏ? Нагагьги батила! Гьел къанагӏатазул цояб буго къелдерил мухъалъул жаниблъи.\nРогьалил хъачӏаб квач хӏенчолеб, роцӏцӏараб хасалихълъиялъул радалил гӏужалъ, цоял пуруц-рукьгун, хадур оцалги цӏцӏан рачӏунел, цогидал тӏорщел тӏибитӏулел, лъабабилел бугьун-лъенгун гьоцӏире гӏедегӏулел руго Сомода росдал руччаби. Мугӏрузул ракьанда, къаралазул мугъалда нахъа парахалъараб къелдерил росу буго гьеб.\nЗахӏматалъ пинкьаххарал кверал ругониги, гьурмада гьими гвангъарал гӏадамазул гьитӏинабго гьеб росдае памятник балаан (дир ихтият букӏарабаниха) цӏар рагӏараб ВДНХялда. Лъагӏалил бокьараб заманалда рачӏаниги ахакь, хурзабахъ ратила нужеда гьел гьайбатал гӏадамал. Гьале, церекъад сомолазул гьоцӏабахъ тӏамун бахъана исана ахирисеб, 50-абилеб лал. Берги ккеладай гьездаян хӏинкъадгоха бицунебги бугеб.\nЛъадал чваххиялъ хӏалтӏизабулеб гьабихъ бацӏцӏун ролъ, бассун гьохъ ххенолел хурухъаби чандай хутӏун ругел?! Гӏемер бугин абуге, божиларо. Батани бице, кир ругелали лъазе бокьила.\n«Хӏалтӏуларев кваналаро» — гьединаб аби, ахӏи букӏунаан росдал къватӏахъ къадазда хъван советияб заманалда. Хӏалтӏуларев чанги лоти кваназавулев вуго гьанже хӏукуматалъ. Хӏалихьалъи бессараб хӏалхьиялда буго гӏемераб халкъ. Щибго жавабчилъи гьечӏо гьезулъ жидер ракьалда, намусалда цебе. Моцӏрое камичӏого гӏарац рокъобе бачӏунел гьереси-документал гьариялда кутакалда хадурги гъун руго гӏадатиял росдал гӏадамалцин.\nНужецаго цевечӏезаве: лъималазе, чӏужуялъе, жиндиего пенсия гьабизе кредит босулев саламатав чи! Хурзалги руго гьесул рекьичӏел, инсуца гӏезабураб ахги буго херлъун бакъвалеб, умумузухъа ирсалъе щвараб кулиги буго чӏунтун. Лъималги гьасул — цӏализе кӏухӏалал, щибго захӏматалде ругьунлъичӏел; чӏужу- цебе бугеб бахчиниб чурпаялъе гӏурччинлъицин бекьуларей. Кинаб мисал, щиб бичӏчӏи щвелеб гьединал эбел-инсудаса лъималазе, щиб пайда бугеб гьеб хъизаналдаса росу-ракьалъе? Хъачӏго абуни — сурукълъи, тамахго бицани — кьерукълъи бекьулеб буго гьеб тайпаялъ магӏарухъ.\nГьайбатаб тӏабигӏаталъул, магӏишаталъе санагӏатаб ракьалъул бицунаго нилъее гьеб кьерукълъиялъул хабар халат гьабунги щайха.\nКъокъго абуни, Шамил районалъул росабалъ цохӏо къелдерил жаниблъиялда гӏезабулеб буго тӏорщел. Гьениб 60 хъизамалъ бекьулеб буго ролъ, гьохъ, огоб.\nУнгоха, гьезул рокъоб бежулеб рикъзиялъул бугеб тату!\nБахилаб хӏалалда росдал магӏишат гӏуцӏарал гӏолохъаби нижер мухъалда гӏезегӏанго руго.\nГьелъул хӏакъалъулъ цоги нухалда бицина."}
{"slug": "6390-giazulgun-l-aj-kh-vaj-tsidul-kechi-va-makabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6390-giazulgun-l-aj-kh-vaj-tsidul-kechi-va-makabi", "title": "Гӏазулгун лъай-хъвай, цидул кечӏ ва макьаби", "date": "2019-11-26 06:50:39", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Дир лъимерлъиялъул тӏоцебесеб ракӏалдещвейлъун буго инсуца холодильник босараб къо.\nЖакъа гӏадин ракӏалда буго дун гьелда сверун векерахъдилев вукӏарав куц. Дие цӏакъ бокьун букӏана гьеб щиб жояли лъазе. Цӏакъго гӏажаиблъи гьабуна дица гьелда жаниб чирахъ рекӏараб мехалъ. Холодильник рокъобе босулаго рортичӏого рукӏине нахъе рахъун, полкабиги рукӏинчӏо гьелда жанир. Дун гьелда жанивеги лъугьун гӏодов чӏана. Дихъги валагьун инсуцаги абуна, гьанже гьеб дур рукъ бугилан ва цогидаб рокъове ана жиндирго ишалъ. Дун васандулев вукӏана холодильникгун, циндаго къан бачӏана нуцӏа ва свана канлъи. Дун ккана бецӏаб бакӏалде. Дун квешго хӏинкъана. Загӏипал квераз кӏвараб хӏалалъ дица нуцӏа цулеб букӏана, амма рагьун бачӏунеб букӏинчӏо. Дун гӏодилев, чӏчӏичӏчӏидилев, нуцӏа бухулев вукӏана, амма дидаго цадахъ дир гьаракьги букӏана гьеб нуцӏица туснахъалъуб тӏамун.\nЦо заманалдасан нуцӏаги рагьун бачӏун, дидаго цадахъ къватӏибеги борчӏун, дир гьаракьалъ цӏезабуна тӏубараб мина – щибаб рукъ, щибаб рукъалъул букӏон. Йихха-ххочун екерун ячӏана эбел, каранде къана дун…. Гьединги, дир рукъго дир рукъилан дунги чӏалгӏун, кӏудияв вацас тӏадеги къан ккун букӏун буго гьеб нуцӏа, дур батани гьенивго вукӏайилан. Гьелъухъ эбелалъ гьодитӏа хьоп басандизабуна гьесул.\nЦоги ракӏалда буго, гьитӏинав чи, тӏоцеве чанагъгун хъештӏезе дунго арав. Бан букӏана кӏудияб гӏазу. Дун гӏодов ккун, тӏаде вахъун, хӏалицаго вилълъунев вукӏана гьелда тӏасан. Таманаб заманаялъ хъештӏон хадув яцалъ рокъовеги вачун кӏудияб бежараб картошка кьуна дие печалъул коронисаги бахъун. Ячӏана эбел. Хинал квераз дир цӏорорал кӏаркьабиги данде къана, гьабгощинаб заманаялъ къватӏив щай таравилан ягъана яцазде, дун кьижизе вегизе гьавуна. Кӏудияй яцалъ, дида аскӏойги егун, ботӏроде юргъанги цӏан, тӏубараб бецӏлъуда, жиндирго гуреб гъварараб гьаракьалъ тӏомуразул мацӏалда хераб цидул кечӏ ахӏулеб букӏана дие:\nДун хӏерлъила, хӏаликълъила,\nРас хӏулила, са бихьала,\nГьубил кьомоб – басанлаб къо,\nСалибаза – чихӏарлаб къо,\nГӏесенал жал – чӏамулеб къо,\nЧӏахӏаял жал – хъамулеб къо\nАйла, майла мигӏил гӏоооор…\nБолмацӏалде буссинабуни, гьадин бачӏуна гьеб:\nДун херлъана, хӏаликълъана,\nРас хӏулана, ца бахъана,\nГьабил тӏохда кьурдулаан,\nСалда кьалбал рухъулаан.\nГӏисинал жал чӏамулеб къо,\nЧӏахӏиял жал хъамулеб къо.\nАйла, майла, магӏил гӏооор…\nБецӏлъуда яцалъ жиндирго гуреб гьаракьалъ ахӏулеб букӏана гьеб кечӏ, дир беразда цере паркъулаан кочӏохъ гӏенеккун гьабил тӏох, ци, бецӏаб рохь ва цогидал гӏемерал хӏинкъилел гӏадал суратал. Цо кинабалиго маргьудалъеги ккун, дун хӏинкъизе лъугьана гьеб юргъаналда гъоркь. Цӏакъго дун хӏинкъулаго, рагӏун ахирисеб мухъги ахӏун, яцалъ юргъан рехулаан тӏаса. Дун гӏорхъолъа ун вохулан, гьеб рекӏелъе хӏинкъи ккезабулеб ахӏвал-хӏалалдаса, хераб циялдаса ворчӏанилан ва канлъи бихьанилан.\nГьеб яцалъул кочӏодаса хадув кьижун карав дида, макьилъ бихьулеб буго добго бецӏаб рохь. Унев вуго дун рагӏа-ракьан бихьулареб чӏедераб сухъмахъ нухдасан. Цинадаго, къватӏибе мацӏги рехун, данде бачӏана хераб ци. Дун тӏурун гъотӏода гъоркь вахчана. Цийилан абуни тӏадего-тӏаде бачӏунеб букӏуна. Дица кьижун вугеб ххвел гьабулеб букӏана, ци тӏаде-тӏаде къалеб букӏана, дида гьелъул гъулгъуди ва хӏухьел чӏвалеб букӏана… тӏадеги къулун, гьелъ дир гьурмада мацӏ бахъана….\n«Гьале, гӏетӏулъ вецӏцӏулев вуго! Абуна дица нужеда гьав вас къватӏиве виччагейилан!», — илан ахӏулеб эбелалъул гьаракьалъ дун ворчӏана. Эбелалъ дир гьумер бацӏцӏана, амма дида кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, дун эбелалъухъищ вугев, яги жеги цидул квачӏикьищ вугевали. Эбел ятидал дун кутакалда воххана, ццин бахъиндал гьеб ци гӏадин гьейги лъугьуней йикӏаниги. Дица эбелалда циян абизеги абулаан гьитӏинаб мехалда. Хасго гӏенеккуларого, малъараб гьабичӏого гьелъ кӏутӏараб мехалда. Эменги вац-яцалги релъулаан, эбелалъги щибго квеш букӏинчӏого къабул гьабулаан гьеб «ци» абураб цӏар, хъизамалда гьединаб роль гьелъ къабул гьабун букӏана. Реэдулаан, гӏенеккулареб мехалда щвезеги гьабулаан лъикӏ. Гьединаб хӏеренлъиги хъачӏлъиги цоцалъ бессараб тарбия букӏана дир эбелалъул. Гьедин росулъ кӏудияв гӏолев вукӏана дун, дирго рохелалгун, пашманлъабигун, хьулалгун, хӏинкъабигун.\nХӏинкъаби ва гьезул рачӏин батӏи-батӏияб букӏана. Инсул рукъалда цебе букӏараб битӏараб тӏохдеги вахун, рикӏкӏада ругел мугӏузул тӏогьивеги валагьун, дида кколан гьеб дунялалъул рагӏал бугилан ва тӏокӏаб щибниги дунялалда гьечӏилан. Гьелъул пикру гьабун хӏинкъи бачӏунаан. Ботӏрода жаниб гьеб бичӏчӏизе цӏакъ захӏмалъулаан. Дунялалда кинабго жо мухӏканго бичӏчӏун букӏине къваригӏун букӏунаан дие. Рохьор – циял, мугӏрузда — бацӏал, цер — нохъода. Рукӏана цойги кавтаралилан абурал жалги. Бицунаан, цо-цо сордоялъ росда цебе бугеб гӏачиязул фермаялда аскӏоб ракӏ гъанцӏизабулеб, релъи лъалареб, гӏоди лъалареб гьаракь рагӏун бугила лъидаялиго. Хасго чиясул черхалда сири балеб бугила гьеб гьаракь белъанхъизе лъугьараб мехалда абун.\nБищунго дун хӏинкъулаан гьел кавтараз жидехъего щварав чи чӏвалеб куцалъул бицараб мехалда.\n— Дуда лъалищ кавтаралъ кин гӏадамал чӏвалелали? — йилан гьикъана цо нухалъ дида кӏудияв вацас. – Доз бацӏазги циязги гӏадин чиясда хӏанчӏуларо. Доз кквезеги ккун дур чохьода хъисула, ай хьиндалазул мацӏалда абуни гиди-гиди бачуна, мун велъун чӏезе кӏоларого вукӏуна, гьеб мехалъ дур бадибеги балагьун кавтарги белъулеб букӏуна. Дур релъиялъ гьелъул релъи рагӏизе толеб букӏунаро. Гӏемер велъун, хӏалги, рухӏги къун хола кавтаралъухъе щварав чи. Гьесда кӏоларо чӏезе велъичӏого, гьедин рухӏги босула…"}
{"slug": "6431-kavkazal-asir-garurazukh-goboll-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6431-kavkazal-asir-garurazukh-goboll-ukh", "title": "Кавказалъ асир гьаруразухъ гьоболлъухъ", "date": "2019-11-29 17:13:12", "categories": ["lit"], "text": "27 ноябралда Махъачхъалаялда, Поэзиялъул театралда данделъун рукӏана Кавказалъ асир гьарурал Москваялдаса гьалбадерида дандчӏвай гьабизе.\nТадбиралда гӏахьаллъизе ва жидерго Кавказалдеги, Дагъистаналдеги, дагъистанияздеги бугеб адабалъулги рокьулги хӏакъалъулъ бицине рачӏун рукӏана «Дир Планета» телеканалалъул вакилзаби. Гьезда гьоркьов вукӏана «Кавказалъул асир» абураб проекталда рекъон, «Дагъистан. Гъамсукь» документалияб фильмалъул автор Андрей Понкратовги.\nЖакъа къоялде гьез бахъун буго Северияб Кавказалъул республикабазул хӏакъалъулъ анлъго фильм. «Дир Планета» телеканалалдасан гьел рихьизаризе руго цӏияб соналъул гӏодоркъояздаса хадуб.\n— Гьале Дагъистаналъул тахшагьар. Гьенисан байбихьулеб буго киноялъул авторас жиндирго сапар. Цинги – Сулахъалъул къварилъи, Чӏикӏаб ГЭС, Тӏелекь росу, Гъуниб ва ахиралдаги — араб гӏасруялъул лъабкъоялда анцӏабилел соназде щвезегӏан жаниб гӏумру гьалдолеб букӏараб, гьанже чӏваданалде сверун бугеб Гъамсукь росу.\nГьеб сапаралъ рекӏее кӏудияб асар гьабулеб буго авторасе. Магӏаруласул миллияб парталги ретӏун, гьес нахъа толел руго мугӏрузул сухъмахъалги, Сарры-кумалъул салул авлахъалги, тӏагӏамалда кваналел руго магӏарул хинкӏалги, пурщабиги, бакъварабгун цӏияб гьанги.\nМагӏарул тӏимугъги ретӏун, гьев щвана тӏелкьадерил годекӏанивеги, гара-чӏварана «институтал цӏалун лъугӏичӏониги, цӏвабзазул мацӏ лъалел» магӏарулалгун. Гьесда лъана магӏарул тӏимугъ гьабиялъул балъголъабиги, ва ахиралда гьесие кьуна сайгъаталъе буртинаги. Гьелъул магӏна букӏана магӏарулазги мугӏрузги къабул гьабунин гьесул рокьийилан абураб.\nГъамсукь росулъе щведал, рекӏел чӏваби тӏелеб гӏадаб сариналда гъоркь, рихьизаруна чӏваданазул сипатазда ругел минабиги, кидаялиго тӏабигӏаталъ кьураб жиндир берцинлъиялдаса хӏалхьоларого ругел цӏумазул жакъасеб рорженги, росу сверун ругел мугӏрузул тӏогьазда гьабулеб тӏавапалъул нурги…\nТадбиралда гӏахьаллъарал республикаялъул Туризмалъул, Культураялъул министерствабазул вакилзабаз баркала загьир гьабуна Москваялдаса гьалбадерие Дагъистаналъул хӏакъалъулъ бахъараб киноялъухъ.\nГьелдаса хадур гьел гара-чӏварана дандчӏваялде рачӏарал дагъистаниялгун.\n— Битӏун бицани, нижеда ракӏ-ракӏалъ абизе кӏола гӏадамал хиралъиялъги гьалбадерие гьабулеб адабалъулги рахъалъ Дагъистан дунялалдаго тӏоцебесеб бакӏалда бугин. Гьанир руго лъикӏал гӏадаталги, гьелдаго цадахъ цӏакъго тӏадегӏанал гӏадамалги. Гьобол-гьудул хиралъиялъ батила нужер гьаниб бизнес гьабизе квалквалги букӏунеб. Щайин абуни, лъихъаниги сундухъниги гӏарац босиларилан лъугьунел руго нуж, — илан абуна гьез.\nГьеб букӏана дагъистаниязе гьалбадерица кьураб цӏакъго кӏудияб къимат.\nГьезда гьикъана Дагъистаналда щиб бокьичӏебиланги. Нечадго гӏадин гьадин абуна Андрей Понкратовас:\n— Кинабго лъикӏ буго. Тӏабигӏатги Тӏадегӏанас нужее нужго гӏадаб, бищунго лъикӏаб, берцинаб кьун буго. Амма ракӏбакъвала, киса-кибего щущан бугеб рищни-къул бихьидал,- илан.\nКидалгӏагидай нилъ кантӏилел!?"}
{"slug": "6451-tusnakh-al-giumru-va-giarzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6451-tusnakh-al-giumru-va-giarzal", "title": "Туснахъал: гӏумру ва гӏарзал", "date": "2019-12-02 09:17:08", "categories": ["obshestvo"], "text": "27 ноябралда ДРялда бугеб УФСИНалъул № 7 колониялде щвана инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ ДРялда вугев вакил Жамал Гӏалиевги республикаялъул Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб ОНКялъул нухмалъулев Гӏумар Гӏумаровги.\nГьез халгьабуна колониялда кванил рахъалъги, сахлъи цӏуниялъегун рега-рахъиналъеги кинал шартӏал чӏезарун ругелали.\nИсана 20 сентябралда гьениб кутакаб гъалмагъир ккун букӏана жанир тӏамурал гӏадамаз цӏа гъун, къайи-цӏа бекун, хӏамамалъе ва жалго жанир чӏарал рукъзабазе зарал гьабун. Гьанжего-гьанже бакӏа-баххарун, цӏигьабулеб буго гьеб.\nБожизе бегьулел чагӏаз бицана туснахъалъул нухмалъиялда гӏайиб букӏанилан. Гьединищали, гьанже гьезул (УФСИНалъул) 15-ниги чи жанив тӏамунги вугев, тӏад делабиги гьарун.\nПалхӏасил, гьел бакӏал цӏи гьарунигицин, колониялъе хӏажат буго клуб, тарбия кьолеб рукъ, гардеробалъе бакӏ, кладовкаби. Гьабсагӏат гьенир ругел корпусал 50-70- соналъ церего рарал жал ругоан.\nГьеб киналъулго халгьабун хадур, Жамал Гӏалиевги Гӏумар Гӏумаровги гӏенеккана жанир тӏамуразул гӏарзазухъги.\nСШАялда гӏумру гьабун вукӏарав нилъер ракьцояв вугоан гьенив, Вагьаб Вагьабов абун. Жиндиеги цогидал спортсменазеги бокьун бугила колониялъе спортивияб къайи сайгъат гьабизе, амма тӏалъиялъ гьелъие изну кьолеб гьечӏилан бицана гьес. Спорталъе лъикӏал гӏолохъаби абуни гӏемер ругоан гьенир.\nКъватӏиса улкабаздаса, масала, Таджикистаналдаса, Азербайжаналдаса гӏадамазул суал бугоан лъикӏаб хьвада-чӏвадиги хӏисабалде босун, болжал щвелалдего жал къватӏире риччалеб къагӏида гӏадахъ босулеб гьечӏилан.\nГьелъие жаваб кьуна колониялъул хӏалтӏухъанас. Гьелъие хӏажатал шартӏазул цояб кколила туснахъалъур рукӏаго щибниги хӏалтӏи гьез гьабизе ккейги. Амма гьеб жо некӏогоялдасаго гьечӏо гьениб.\nСПИДалъ унтарав цо гӏолохъанчияс абуни гӏарз бахъана къойидаса къойиде жиндир чорхол хӏалги хисулеб бугила, жив гьанив вугеб чанго моцӏалда жаниб цониги нухалда бидул анализгицин босичӏила жиндихъа.\nТуснахъазе гӏолареб жо буго цойги — рокъосан рачӏунел посылкаби гьанже дагьлъизарун рукӏинги. Ай, цебе кӏиго моцӏида жаниб цоцӏул биччалаанила гьеб. Гьанже – лъабго моцӏида жаниб цоцӏул.\nГьебги законалда бараб жо бугин жаваб кьуна колониялъул вакилзабаз.\nКолонияда бугеб тукадул йичарухъаналда тӏасанги буго гьезул разилъи гьечӏолъи. Цӏакъ хӏинцго гурони хӏалтӏуларила гьей. Ригь бекарай гӏаданги йикӏун, гьелда компьютер лъикӏ лъалеб рагӏуларо. Гьединлъидал къойида жанив лъабго чиясул гурони рес гьечӏила тукадаса жо босизе.\nАмма мухь дагьаб букӏиналъ, гӏолохъаналги техникаялда хадур гъуралги гӏадамал рачӏунарел гьечӏо гьенире хӏалтӏизе.\nГьел киналго гӏунгутӏаби лъугӏизаризе квербакъилин рагӏи кьуна туснахъ гьаруразе Жамал Гӏалиевасги Гӏумар Гӏумаровасги."}
{"slug": "6453-magiarulal-godekianir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6453-magiarulal-godekianir", "title": "Магӏарулал годекӏанир", "date": "2019-12-02 09:23:39", "categories": ["lit"], "text": "23 ноябралда Махӏачхъалаялда, тарихалъулаб паркалда цӏидасанги данделъун рукӏана магӏарулал жидерго гъасда бакараб цӏадухъе.\nГьаб нухалдаги гьоркьоб лъун букӏана рахьдал мацӏалъул суал. Нахъеги магӏарул мацӏалъул угьи-зигараялъухъ гӏенеккизе данделъун рукӏана гӏалимзаби, магӏарул мацӏалъул учительзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, гӏолилал ва рахьдал мацӏалъул унтиялъ унтизарурал магӏарулал.\nТадбир рагьана ва нухда бачана «Аварал» гӏуцӏиялъул гӏахьалчагӏи Даниял Мухӏамадовас ва Атикат Мухӏамадовалъ.\nДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул студент Мухӏамад Манаповас рикӏкӏараб Расул Хӏамзатовасул «Авар мацӏ» абураб кечӏалъ тадбиралъул гӏахьалчагӏазе кӏудияб асар гьабуна.\nМагӏарул миллат буго гӏемермацӏазулаб миллат\nГьедин абуна магӏарул мацӏалъул хӏакъалъулъ ДНЦялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.\nУнго-унголъунги, абизе бегьула щибаб районалъул жиндирго мацӏги, хӏатта росабазулгицин. Гьел киналго цолъизарулел руго болмацӏалъ. Гьеле гьелъиеги хоб бухъулеб буго жакъа нилъеца.\nЖиндирго кӏалъаялда Мухӏамадица къокъго бицана магӏарул мацӏалъул тарихалъул хӏакъалъулъ. Гьединго гьес кӏвар кьуна магӏарул алфавитазда ругел гӏунгутӏабаздеги. Масала, «кӏкӏ» хӏарп хъвазе къваригӏунеб буго ункъо гӏаламат. Рес букӏана цо гӏаламаталъ гьеб бихьизабизе. Абулеб буго гьанже хисизабизе кколин магӏарул алфавитилан. Амма жив гьелде дандечӏарав вугилан абуна гӏалимчияс.\n— Гьадингоги загӏипго гурони бицунеб гьечӏеб мацӏги, ругел хӏарпалгицин лъазаризе бокьичӏез цӏияб хъвай-хъвагӏайищ лъазбизе бугеб, — илан абуна гьес.\nМиллаталъул буго кӏиго кваркьи – мацӏги адабиятги\nМагӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул кӏалъаялъ гӏемераб жоялда тӏад ургъизе тӏамуна.\n— Хӏакъикъияб гьунаралъе къимат халкъалъ кьола. Жакъа адабияталда бугеб хӏал чорок гьабулеб буго мустахӏикъазда цадахъго мустахӏикъал гурезеги кьолел шапакъатазги, лъиениги, хӏатта жидеегогицин къваригӏинчӏел, жидерго гӏарцухъ жалго бетӏергьанал басмаханабазда рахъулел риццатал тӏахьазул авторазги. Соцалияб гьиназда кочӏохъего гурони кӏалъалев чиги гьечӏо. Гьезие гьабулеб чӏобогояб рецц-бакъалъ щибгӏаги асар рекӏееги гьабулеб гьечӏо. Гьединал кучӏдулги, гьездаго релълъарал тӏахьалги наслабазе ратуларо. Хас гьабун лъималазе хъварал асаралги къанагӏалъулел руго.\nРахьдал мацӏаздаса инкар гьабизе тӏамулел руго\nХунзахъа тарихалъул учитель Гӏалибег Хъазанбиевас бицана авар мацӏалъул архаизмабазул хӏакъалъулъ. Гьединго гьес гьел рагӏаби гъорлъ ругел литературиял асараздаса мисалалги рачана.\n— Жакъа нилъ тӏамулел руго рахьдал мацӏаздаса инкар гьабизе. Киса-кирего — гӏурус мацӏалъул хъвай-хъвагӏаял. Масала, Ахӏулгохӏалда хъван буго «Ахульго» абун. Магӏарул мацӏалда хъван букӏарабаниги, гьеб киназдаго бичӏчӏизе букӏана.\nМагӏарухъги бицунеб буго гӏурус мацӏ. Гьеб квеш бугин абулеб гьечӏо. Амма нилъерго гъасда нилъерго мацӏ цӏакъ рекъон ккола, — ян абуна гьес.\nТадбиралъул гӏахьалчагӏи гъираялда гӏенеккана гӏадатияв учителасухъ, рухӏдаллъана гьес мацӏалъул гьабулеб адабалъул ва гьесда магӏарул мацӏалъул гьелгощинал архаизмаби лъале ратиялда.\nНилъее, магӏарул миллаталъеги, лъикӏаб букӏинаан, гьединал, магӏарул мацӏалда ракӏ унтарал гӏадамал нилъеда гъоркьор ругелгӏан мехалъ, гьездаги гьикъун, магӏарул мацӏалъул архаизмабазул словарь хӏадур гьабизе. Бачӏина заман, гъикъизе чигицин ватизе гьечӏев. Цинги кӏватӏун букӏина.\nРахьдал мацӏалъул кьалбал къотӏулел руго\nРеспубликаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ бицана росабазул ва шагьаразул школазда магӏарул мацӏалъул дарсал кьеялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.\nХасго гьелъ кӏвар кьуна шагьаралъул школазде, ракӏунутун бицана рахьдал мацӏазе рихьизарулал сагӏтазда сверухъ школалъул директорзабаз гьабулеб бугелъул.\n— Лъималазда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъе кумек гьабулеб буго эбел-инсуцаги. Гьез гурищ гӏарзаби хъвалел ругел жидер лъималазе рахьдал мацӏ къваригӏун гьечӏилан. Тӏадеялъул 20 апрелалда щуго сон тӏубала ассоциация гӏуцӏаралдаса. Гьеб заманалда кӏудияб хӏалтӏи гьабуна гӏуцӏиялъ. Учительзабазул кумекалдалъун къватӏире риччана цӏалул ва алъул методикиял тӏахьал. Магӏарул мацӏалъул учительзаби кидаго тӏадруссуна бер гьенлъгун а призалъул бакӏалгн москваялда тӏоритӏуле къецаздасаги.\nГьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго авар мацӏалъул курсал рагьиялда тӏадги. Жакъа къоялда цӏакъ къваригӏун руго авар мацӏалда мультфильмалги, гьединго онлайн-дарсалги.\nЦӏакъго лъикӏабги букӏинаан, нилъго бетӏергьанаб этнокультурияб центрги букӏарабани, ян бицана гьелъги.\nЦӏалдолезе рокьулеллъун рукӏине хӏаракат бахъила\n«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас бицана газеталъул хӏалтӏухъабазда цере чӏарал миллаталъего кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Болъихъ районалъул газеталъул редакторлъун. Гьелде щвезегӏанги къогогӏан соналъ хӏалтӏун вукӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги.\n— Нижеца, газеталъул коллективалъ, хӏаракат бахъила цӏалдолезе рокьулеллъун рукӏине, гьединго газеталъе гьабулеб подпискаги цӏикӏкӏинабизе. Гьеб кинабго нижехъа бажаризе буго, нужги нижгун цадахъ хӏалтӏани, — ян абуна гьес.\nНижеца цолъизарулел руго магӏарулал\n«Аварал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакил, гьабсагӏаталда Санкт-Петербургалда гӏумру гьабун вугев Расул Гӏабдулхаликъовас гьаруна апрелалда хъван букӏараб магӏарул диктанталъул хӏасилал. Бищунго тӏадегӏанал хӏасилал ккун руго 50 сонил ригьалдаса арал магӏарулазул. Гӏаммаб къагӏидаялда гьезие щун буго 4,7 балл, 4,2 баллалде рахун руго 40 сонил ригьалда ругел магӏарулал. Бищун дагьаб балл щун буго гӏолилазе(1,6 балл)\n— Бихьулеб буго гӏолилазда мацӏ загӏипго гурони лъалеб гьечӏеблъи. Гьеб нижеда заманалда бичӏчӏана, нижеца хӏаракат бахъизе буго гӏолилазда мацӏ лъаялъе ва лъазабиялъе киналго шартӏал чӏезаризе.\nХӏадурулеб буго магӏарул онлайн-словарь, рагьун буго цӏияб сайт. Гьенире ракккани, нужеда лъазе руго магӏарул мацӏалъул балъголъаби, ян абуна Расулица.\nГьединго гьес бицана тӏадеялъул гьирзе ругел хӏалтӏабазулги. Масала, 4 апрелалда тӏобитӏизе буго магӏарул мацӏалда кӏиабилеб кӏудияб диктанат. Тӏобитӏизе буго магӏарулазул форум, рагьизе руго магӏарул мацӏалъул онлайн-курсал. Цӏидасанги дандчӏвазе руго магӏарул годекӏанир.\nТадбиралда хасаб нур базабуна цӏалдохъабазул церерахъиназги. Магӏарулазул миллиб парталги ретӏун, Тубхӏат зургьаловалъул ва Мухӏамад гӏумаровасул кучӏдул рикӏкӏана Гъуниб ва Чӏарада районалдаса лъималаз.\nТадбиралъул ахиралда гьелъул гӏахьалчагӏазе ва магӏарул годекӏан гӏуцӏизе квербакъарав Сайгидпаша Гӏумахановасе баркала загьир гьабуна «Аварал» гӏуцӏиялъул нухмалъулев Арсен Мухӏамадовас."}
{"slug": "6454-gurshchun-richchan-g-alal-khkhan-richchan-k-unshchbi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6454-gurshchun-richchan-g-alal-khkhan-richchan-k-unshchbi", "title": "Гьурщун риччан гъалал, ххан риччан къунщби…", "date": "2019-12-02 10:03:26", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана ясазда гьоркьоб «Бищун халатаб гъал» абураб къец.\nГьединаб къец тӏобитӏиялъе гӏиллаги букӏана гьаб заманалда гъалал тарал руччаби къанагӏат гурони гьечӏолъи. Цебейин абуни, нилъер улбузул чохтӏоялда гъоркьан раккун рукӏунаан халатал гъалал. Гьанже халатаб гъал бугей яс йихьи буго къанагӏатаб жо ва мода бугинги абун, гӏемерисез гьабулеб буго берцинаб катӏари.\nКъец тӏобитӏиялъе хӏаракат бахъарай гӏадан ккола Шапери Къурбанова. Гьей хӏалтӏана Дагъистаналъул радио-телевидениялда, гӏахьаллъи гьабуна батӏи-батӏиял проектазда.\nШаперица бицана жакъасел ясазул гӏемерисезда лъаларила халатаб расуда хадуб кин хъулухъ гьабизе колебали. Хӏатта парикмахерзабахъацин бажаруларила халатаб гъал берцинго къачӏазе.\n— Дида ракӏалда букӏана гьаб проект Сары-Кумалда тӏобитӏизе. Амма квачараб заман гьаб букӏиналъги, гьеб бакӏ рикӏкӏад букӏиналда банги, тӏобитӏизе ккана шагьаралъул ахикь бугеб рестораналда. Ракӏалдего ккун букӏинчӏо гьадигӏан гӏемерав чияс гӏахьалъи гьабилин абунги. Кин батаниги, щивав гӏахьалчиясе нижеца кьуна батӏи-батӏиял сайгъаталги. Гьадинабго къец тӏобитӏизе буго Дербент ва цогидалги шагьаразда, — ян бицана Ш. Къурбановалъ.\nХӏакъикъаталдаги жюриялда гӏезегӏан къо бихьана лъикӏаздаса лъикӏал тӏаса рищулаго. Жюриялъ халгьабулеб букӏана расул биццалъи- тӏеренлъиялъухъ, цӏвакиялъухъ ва сахлъиялъухъ. Гьел шартӏазул кьучӏалда бергьараллъун рикӏкӏана Мадина Мухӏамадова, София Гӏумарова, Патӏимат Мухӏамадова ва Фатима Ибеева. Гьезие кьуна сайгъаталги, батӏи-батӏиял шапакъаталги."}
{"slug": "6464-dir-giumruyal-ul-khiak-ik-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6464-dir-giumruyal-ul-khiak-ik-at", "title": "Дир гӏумруялъулъ «Хӏакъикъат»", "date": "2019-12-02 14:24:56", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Бищун дагьаб 70 соналъ цӏалулеб буго дица магӏарул газета. Гьелъулгун гьудуллъи букӏинчӏебани цӏакъ мукъсанаб букӏинаан дир гӏумруялъул магӏна, дагьаб букӏинаан гӏакълу-лъай, букӏинароан гӏемерав чиясулгун пайдаяб хурхен, гара-чӏвари.\nДун гьитӏинаб мехалдасаго, магӏарул газеталдеги къулун, гьеб цӏалулев ватана дида эменги. Гьес газета цӏалулаго цо-цо макъалаялдаса жиндирго разилъиги лъазабулаан, хъвалелъул ритӏухълъиялъе ва мацӏалъул пасихӏлъиялъе къиматги кьолаан. Кӏудияб къимат кьолаан, газеталдасан тӏоцере магӏарул халкъалъухъе щолел рукӏарал, Цӏадаса Хӏамзатил кучӏдузе, цересел адабияталда машгьураллъун рукӏарал гӏадамазул асаразе. Школалда учительлъун хӏалтӏулел соназ гьес, кӏвараб хӏалтӏи гьабулаан, доб мехалъ хъвавухъе, газеталъул абоначагӏи цӏикӏкӏиналъе, лъималазе газета бокьиялъе. Хъизамалда гьоркьобги лъикӏ хъвараб макъала рагӏун цӏалулаан яги цӏализе лъимал тӏамулаан. Гьеб ахӏвал-хӏалалда нижее, лъималазе, газета бокьичӏого рес букӏинчӏо.\nГӏемераб пайдаяб хӏалтӏи гьабуна газеталъ магӏарул мацӏ — болмацӏ бечед гьабиялъеги. Цо-цо росабалъ хӏалтӏизарулел рукӏарал рагӏаби хисун гӏемерал магӏарулал гӏаммаб газеталъул мацӏалъ гаргадизе лъугьана. Масала, нижер Бакьайчӏи росулъ «речӏчӏухъ лъугьине» абун гурони, «гугаризе» абураб рагӏи хӏалтӏизабулароан, гьанже гьабула. Газеталъ нижер росдал гӏадамазул гаргаралъулъ хисизаруна: «хъинтӏулел гӏучӏал — спичкӏаби» «рахчирукъ гьабизе – рахчирукъ хӏазе», «торгӏокьабгӏи гьабизе – торгӏо хӏазе», «казият хъвазе – газеталъе подписка гьабизе», «абоначи – подписчик», «балугълъиялъул шагьадатнаме – аттестат зрелости», «лъимер гьабиялъул шагьадатнаме – свидетельство о рождении» ва гӏемерал цогидалги.\n«Хӏакъикъат» газеталъул асаралда гъоркь хисана магӏарулазул магӏишат, гӏамал-хасият, гӏумруялдехун бербалагьи. Магӏарул газеталъ кьунин абизе бегьула дие магӏарул мацӏалъул батӏи-батӏиял кьерал кунчӏулеб нур. Дие рокьизаруна магӏарулал, гьезул гьунарал, бахӏарчилъи, яхӏбуголъи, магӏарул гӏадат-гӏамал. Дица, дипломал гьечӏониги, газеталъул кумекалдалъун лъугӏизаруна гӏемерал университетал: магӏарул мацӏалъул университет, ватӏан бокьиялъул университет, магӏарул гӏамалалъул, ракӏбацӏцӏалъиялъул университет, магӏарул гӏадан хиралъиялъул университет ва гӏемерал цогидалги. «Хӏакъикъат» букӏана ва буго дир бищун хирияб мугӏалимлъунги, тохтурлъунги, хӏатта тӏагӏамаб квен гьабизе малъулеб богогьанцин.\n«Хӏакъикъаталъ» вахъинавуна дун журналистлъунги, политиклъунги ва гӏемерал рахъал хасияталъулъ рессарав чилъунги. Газеталъул хӏалтӏухъабазда гъорлъ ратана дида унго-унгоял гьудулзабиги. Гьезулгун бахӏсалда, гьуинаб хабаралда вукӏиналъги гӏемераб жо лъана. Дир ракӏжубарал гьудулзабилъун, гӏумруялъул нухда дун витӏун ккеялъе кумек гьабураллъун рихьула мунагьал чураял Мухӏамад Шамхалов, Хӏажи Гӏарипов, Гӏабдулмажид Хачалов, Хочо Хӏамзатов, Хӏусен Хӏажиев, Мухӏамад Махӏатӏов, Мухӏамад Пазлудинов ва цогидалги. Киналго рехсон хӏалкӏвеларо. Кумек ккана Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовасул, Гӏали Камаловасул, Мухӏамадкамил Гьиматовасул, Мухӏамад Патахӏовасул ва гӏемерал цогидазулги. Абизе бегьула «Хӏакъикъат» газеталъул ва цересел цӏаразда гъоркь рахъарал магӏарул газеталъул тӏолалго мухбирзаби, киналго хӏалтӏухъаби кӏочон толарел, лъикӏал гьудулзабилъун рукӏанин ва ругин.\nСуал бачӏине бегьула, дуе газеталъ гьебгощинаб лъикӏлъи кьун батани, дуца гьелъие щиб кьурабилан абураб. Дица гьелъие гӏемераб пайда кьунин абуни, дунго дицаго вецциялда релълъина. Амма хӏаракат бахъулаан гьеб хъвазеги, гьелде макъалаби ритӏизеги. Макъалаги босун редакциялде унелъул рекӏелъ кӏудияб роххелги букӏунаан. Газеталъул гьудулзабазда лъала газеталда лъураб дир мукъсанаб букӏаниги бутӏа. Гьелъул бицинарин.\nГӏемерал соназ газеталъе нухмалъи гьабуралъухъ Камалов Гӏалие баркалаги загьир гьабун, Гӏумаханов Гӏумахан бетӏерлъуде ккедал, хьул буго: магӏарул халкъалъул газета халкъалъул мурадал цӏунулеблъун ва миллатазда гьоркьоб гьудуллъи цӏунизе къеркьолеблъун, мацӏги, мацӏалъул бацӏцӏалъиги, пасихӏлъиги, рухӏиял, къадруял, къиматал рахъал цӏунулеблъунги хутӏилилан. Пачалихъ, светияб букӏаниги, гӏемерисеб халкъ Аллагьасда божулеллъидал ругел, араб гӏасруялъул сурараб гӏамал – атеизмги рехун тун, диналда божулезул мурадал цӏунулеблъун букӏинилан. Хӏакимзабаз халкъалъул мурадал хӏисабалде росуларел хӏужаби дандчӏвани, хьул буго газета халкъалъул рахъалда букӏинин абураб. Хӏакимзаби ритӏухъал ругони, гьезул рахъкквейги газеталда тӏадаблъун бихьизе ккела. Газеталъ мухбирзабазулгун хурхен щула гьабизе ккела. Мухбирзаби газеталдаса рикӏкӏад гьаризе цӏакъ бигьаяб иш буго, макъала бахъичӏого тани гӏола. Ракӏ унтичӏев мухбирас къалам кодобе босуларо, гьесул ракӏунти бичӏчӏизе хӏаракат бахъизе ккела. Аби буго «гъанкъулев хвасар гьави живго гъанкъулесул иш бугин» абураб. Магӏарул мацӏги загӏиплъун, хъвадарулел чагӏиги лъугӏун, хъваниги цӏализе чиги щвечӏого газета къаялде ккезеги рес бугелъул, газеталъ депутатазда гьоркьоб хӏалтӏи гьабун, школазда магӏарул мацӏ цӏунулеб хӏал гьабизе ккела, магӏарул газеталъе журналистал хӏадуриялде, магӏарул мацӏалъул мугӏалимзаби рахъунеб бакӏазде кӏвар кьезе ккела. Нилъералго гьитӏинаб гӏунгутӏиялъе гӏоло какулеб, чияразе кигӏан кӏудияб гӏунгутӏи бугониги наку чӏвалеб хӏал миллаталъул букӏине бегьиларо. Газета жамгӏияталъулгун, жамагӏатазулгун хӏалтӏи гьабулеб идара кколелъул, кӏочон тезе бегьиларо газеталъул халкъалъе тарбия кьеялъул кӏвар ва халкъалъ жидецаго газета хъваледухъ хӏалтӏи гӏуцӏизе ккела. Жидее газеталъ пайда кьолеб бугони, гьелдаса инкар гьабулел чагӏи дагьал рукӏина.\nГазета, халкъалъул мурадал тӏадчагӏазухъеги щвезабулеб, тӏадчагӏазул мурадал халкъалъухъеги щвезабулеб гьоркьохъанлъун букӏине ккела. Цӏодорал тӏадчагӏаз жидерго гъалатӏал рахчизе газетал тӏамуларо, ритӏухъаб критика гьабунилан барщаруларо. Халкъалъул мурадалги, тӏадчагӏи хӏакъир гьарулареб, хӏакъал мисалалгун хӏужаби рачун бихьизабулеб, хӏакимасул гъалатӏ ккун батани кантӏизарулеб, ургъунго биччараб такъсир батани законалъул цӏал кьабулеб букӏине ккела.\nГӏумахан Гӏумахановасеги гьарула Аллагь разилъи, хӏалтӏулъ икъбал. Ригь арав, 80-йилъе вахунев чиги вугелъул, малъарунилан гӏайибги гьабуге."}
{"slug": "6465-magiarulav-generaliyav-konsul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6465-magiarulav-generaliyav-konsul", "title": "Магӏарулав – генералияв консул", "date": "2019-12-02 14:34:20", "categories": ["insan"], "text": "Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Къираллъиялъул Жидда шагьаралда бугеб Рфялъул консульствоялъул генералияв консул Багьавудин Гӏалиев.\nИсана тӏоцебесеб октябралда РФялъул президент В. В. Путинил указалдалъун, гьесие кьуна чрезвычайнияв ва тӏубараб ихтияразул посоласул ранг. Ведомствалъулаб гьеб чин ккола генерал-лейтенантасул чиналда бащадаб.\nБагьавудин Гӏалиев ккола Цӏумада районалъул Акнада росулъа.\nМоскваялда, халкъазда гьоркьосел ишазул институтги лъугӏизабун, хӏалтӏулев вуго дипломатияб хӏалтӏуда. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго жакъасеб номералда.\n— Кигӏан заманалъ мун дипломатияб хӏалтӏуда хӏалтӏулев вугев, Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялде иналде цоги улкабазда хӏалтӏаравищ?\n— РФялъул генералияв консуллъун Жиддаялде дун тӏамуна 2016 соналда. Цевеккун батӏи-батӏиял дипломатиял хъулухъазда дун хӏалтӏана Сириялда, Ливиялда, Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялда. Дипломатияб хӏалтӏуда дун хӏалтӏулев вуго къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Сагӏудиязул Гӏарабиялда цевеги дун вукӏана исламияб рахъалъ цадахъ рекъон хӏалтӏиялъул гӏуцӏиялда (ОИС – организация исламского сотрудничества) Рфялъул кидагосев вакиласул заместительлъун.\n— Араб гӏасруялъул 90-абилел соназде щвезегӏан Совет Союзалъул ва хадуб РФялъул Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Къираллъиялъулгун бухьенал рукӏинчӏо. Цебеккунги киданиги рукӏинчӏелищ гьезул бухьенал? Рукӏарал ратани, щай гьоркьор кӏотӏун рукӏарал? Кинаб бугеб гьезул тарих?\n— Гӏусманиязул империялда гьоркьобе унеб букӏараб Жидда шагьаралда 1891 соналда тӏоцебе рагьана Россиялъул генералияб консульство. Доб мехалдаги Россиялъул империялдаса бусурбаби унаан хӏежалде, рукӏана цогидалги бухьенал. Консульствоялъ тӏалаб гьабулаан гьенире рачӏарал Россиялъул империялдаса гражданазул гуребги, гьезулгун лъикӏаб гьоркьоблъиялда ругел Бухараялъул, Хорезмалъул, Самаркъандалъул ва цогидалги Гьоркьохъеб Азиялъул халкъазул гӏадамазулги.\nТӏоцебесеб дунялалъул рагъги байбихьараб, гӏусманиязде данде бедуиназ къеркьейги байбихьараб заманалда, Россиялъул империялъул генералияб консульствоялъул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏана.\nСоветияб гӏуцӏиялъул заманалда, 1926 соналда Жиддаялда цӏидасан рагьана СССРалъул генералияб консульство.\nСовет Союзалда репрессиял байбихьарал лъебарабилел соназда гьелъул къурбаналлъун ккана дипломатияб хъулухъазда ругелги. Жиддаялда вукӏарав Совет Союзалъул генералияв консул, миллаталъул рахъалъ башкирав, Хӏакимов Ватӏаналдеги ахӏун, кьучӏ гьечӏел гӏайибалги гӏунтӏизарун репрессиязул кӏичӏикье ккана. Гьев вукӏана Ватӏаналъул тӏадаб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабулев, гӏарабазда гьоркьоб къадру-къимат бугев дипломат. Хӏакимов репрессиялде гъоркье ккун вукӏин лъайдал, СССРалда диниял чагӏи жанир тӏамизе, гьезда хадур чӏезе байбихьидал, Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялъ Совет Союзалъулгун бухьенал къотӏизе тана.\n1991 соналда цӏигьаруна кӏиябго пачалихъалда гьоркьор бухьенал. Сагӏудиязул тахшагьар Эр-Риядалда рагьана Россиялъул посольство, Жиддаялда — генералияб консульство. Москваялда хӏалтӏизе лъугьана гьезул посольствоги.\n— Генералияб консульствоялъул хӏалтӏул бицани бокьилаан.\n— Нижер аслияб иш ккола Россиялъул гражданазул ихтиярал цӏуни, гьезул хъулухъал, къваригӏелал, хӏажалъаби тӏурай. Гьел гӏемер рукӏуна. Рехселин цо-цоял. Мисалалъе, рукӏуна хӏужаби хӏежалде, гӏумраялде рачӏарал гӏадамазул паспортал риларал, гьезие нижеца кьезе ккола цӏиял паспортал. Хӏежалде яги цоги къваригӏелалъ гьенире ячӏарай чӏужугӏаданалъ лъимер гьабуни, гьеб лъимер документ гьечӏого Сагӏудиялъа къватӏибе бачине биччаларо. Нижеца гьеб лъимадуеги паспорт кьезе ккола. Нижеца визаби рагьула РФялде ине бокьарал сагӏудиязул гӏадамазе ва гьенисан ине бокьарал цогидал пачалихъалъул гражданазе. Халгьабула Россиялъул гражданство къабул гьабизе бокьарал къватӏисел пачалихъалъул гражданазул гӏарзазухъ. Нилъер гражданаз гьениб ригьин-цӏа гьабулеб бугони, ЗАГСалъул ишги нижеда тӏаде ккола. Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялда вукӏаго хӏажичи ялъуни цогидаб къваригӏелалъ вачӏарав чи къадаралде щвани, гьенивго вукъула. Гьениб хӏажатаб кумекги нижеца гьабула. Гӏемерисеб мехалъ гьединал хӏужаби ккедал, гӏарабаз гӏицӏго Аллагьасе гӏоло киридахъ, хвел-гӏелалъул иш жидедаго тӏаде босула. Дида лъалеб цо хӏужа ккана Кабардино-Балкариялдаса хӏежалде вачӏун къадаралде щварав чи Ватӏаналде восун араб. Генералияб консульствоялъ цо къадаралда квербакъи гьабула Россиялъулгун Сагӏудиязул Гӏарабиязул дармилгун экономикиял, культураялъулгун спортивиял, цогидалги гьоркьорлъаби рукӏинариялъе, гьел церетӏезариялъе.\n— Хӏежалъул заманалда аза-азар чи Россиялъул бусурбабазул рачӏараб заманалда нужее хӏалтӏи цӏикӏкӏунеб батила.\n— РФялъулгун Сагӏудиязул Гӏарабазул Къираллъиялъулгун дипломатиял бухьенал байбихьараб 1991 соналдаса нахъе гӏуцӏараб къагӏидаялда байбихьана нилъер улкаялдаса хӏежалде ине. Тӏоцебесеб соналда Россиялдаса хӏежалде ана 400 чи. Хадусел соназдаса байбихьун сагӏудияз Россиялъул хӏажизабазе кьолел квотаби цӏикӏкӏинаруна. Гьанже гьез чӏезабураб квота буго азарго чиясда гьоркьоб цо бакӏ. Гӏага-шагарго Россиялда вуго къого миллион бусурманчи, ай къоазаралда щунусго чи хӏежалде ине рес буго. Хӏежалде ине бокьарал Россиялъул бусурбаби гӏемер рукӏиналъ, Россиялъул хӏеж-миссиялъул гьариги къабул гьабун, нилъер хӏажизабазе тӏадеги кьола лъабазарго-щуазарго чиясе бакӏ. Гьел бакӏал кьола, гьайгьай, цогидал пачалихъазул тӏалабал хӏисабалдеги росун.\nГьанибго абила, РФялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго хӏежалде рачӏунезул къадар цӏикӏкӏараб субъект.\nЦересел соназде дандекун хӏежалде рачӏунел нилъер гӏадамазул гӏадлу-низамги, табирги лъикӏлъун буго. Гьеб буго хӏежалде гӏадамал рачунеб «Марва-тур» фирмаялъул ва Россиялъул хӏеж-миссиялъул цадахъаб хӏалтӏул хӏасил. Цо рахъалъ гьелъие квербакъи гьабуна ракьалдасан инчӏого, самолетазда рекӏун гӏадамал хӏежалде раччиялъги. Цебе батӏи-батӏиял машинабазда, хӏатта КАМАЗазда рекӏун ракьалдасан чанго пачалихъалдасан унаго гӏемер ккана авариял, цогидалги квалквалал.\nГьебго заманалда камулел гьечӏо хӏужаби Россиялъул хӏажизабазул паспортал, документал рилиялъул, гьукъараб заманалда бегьулареб бакӏалда даран-базар гьабиялъул ва цогидалги гӏадлу-низам хвезабиялъул хӏужаби. Гьединал чагӏи полициялъ ккола ва ниж хӏажаталлъун ккола гьоркьоре лъугьине. Визаялъул заманги хӏежалъул гӏужги лъугӏараб мехалдаги цо-цоял ункъо-щуго моцӏалъ гьенир даран-базаралда чӏолел руго. Гьединазул хӏакъалъулъ нижеда лъала гӏицӏго гьел полициялде ккараб мехалъ. Ккола цо-цо гӏорхъолъа рорчӏарал гӏадлу-низам хвезабиялъул хӏужабиги. Мисалалъе, цо хӏажичи, мажгиталда жанисан, ай кколареб бакӏалдаса унгейин полициялъулас абидал, гьевгун вагъун жанив тӏамун вуго. Гьезул законалда рекъон микьго сон туснахъ букӏана гьесие. Судазде хьвадун ниж гӏемер рекерахъдизе ккана гьев эркен гьавиялъе гӏоло. Лъикӏаб нигатгун, паризияб хӏеж борхизе хирияб ракьалде рачӏунел чагӏи рукӏине ккела гӏадлиял, унго-унгоял бусурбабилъун.\n— Дагъистаналдаса ругищ гьенирго чӏарал гӏадамал?\n— Гьединал гӏадамал дида дандчӏвачӏо. Руго цо-цо руччаби гӏарабазе ригьнаде ун, гьенирго чӏарал. Кигӏан гьел ругелали нижехъ баянал гьечӏо, гьел лъала нагагьлъун ЗАГС гьабизе рачӏани ялъуни полициялде ккараб мехалда.\n— Россиялъул къватӏисел ишазул министерствоялъул системаялда хӏалтӏулел дагъистаниял ругищ?\n— МИДалъул аппараталда, дипломатиялъул хъулухъазда, къватӏисел пачалихъазда ругел посольствабазда ва консульствабазда хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул миллатазул лъабкъогоялдаса цӏикӏкӏун чи. Гьезда гьоркьор руго магӏарулалги. Гьел руго тӏадегӏанал дипломатиял хъулухъаздаги. Мисалалъе, гьабсагӏаталда Жиддаялда, исламияб рахъалъ цадахъ рекъон хӏалтӏиялъул гӏуцӏиялда (ОИС), Рфялъул кидагосев вакиллъун вуго Рамазан Гӏабдулатӏипов. Гьев ккола Дагъистаналдаса тӏоцевесев РФялъул чрезвычайнияв посоллъун хӏалтӏарав чи. Гьеб хъулухъалда ва гьеб рангалда Р. Гӏабдулатӏипов вукӏана Тажикистаналда. Эритрея пачалихъалда гьеб рангалъул посоллъун вуго Гӏазим Ярахӏмадовги."}
{"slug": "6475-shamilkh-alayalda-dandchivayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6475-shamilkh-alayalda-dandchivayal", "title": "Шамилхъалаялда дандчӏваял", "date": "2019-12-04 08:49:05", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гьаб анкьил итни къоялъ Шамилхъалаялде рачӏун рукӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумаханов, гьесул заместитель Пайзула Пайзулаев. Гьел дандчӏвана Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовгун.\nМагӏарул мацӏалда, миллияб тарихалда хурхун, гьеб цӏунизе ккеялда – газеталда гьелъул рахъалъ гьабизе бугеб хӏалтӏул рахъалъ пайдаяб гара-чӏвари ккана гьениб. Гӏиса Нурмухӏамадовас тӏадчӏей гьабуна росабазул гӏумруялъул, гӏадатиял гӏадамазул хӏакъалъулъ хъваялде газеталъ кӏвар кьуни лъикӏаб букӏиналде. Махӏачхъалаялдаго чӏун, магӏарул районазде, росабалъе «Хӏакъикъаталъул» мухбирал къанагӏатги рачӏунел гьечӏилан. Нусго сонилаб тарих гирараб магӏарул газета халкъалъе бокьула, гьеб цӏунизе ва цӏигьабизе тавпикъги кьейги нужое ян абуна районалъул бетӏерас. Жал кидаго хӏадурал ругила «Хӏакъикъат» газеталъе кумек гьабизе, ай гӏуцӏараб къагӏидаялда гьелъие подписка гьабизе.\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакторгун гьесул заместительги гьединго дандчӏвана федералияб почалъул бухьеналъул (УФПС) Шамилхъалаялъул почтамталъул начальник Мухӏамад Исмагӏиловгун, республикаялъул УФПСалъул директорасул заместитель Гӏабдурахӏман Мухӏамадовгун. Дандчӏваялда гӏахьаллъи гьабуна мугӏрузул районазул ва росабазул почалъул отделениябазул начальниказги.\nГьеб данделъиялда гара-чӏвари ккана «Хӏакъикъат» газеталъе подписка гьабиялъул, хъварал газетал гӏужда щолел гьечӏолъиялъул. Гьеб пайдаб дандчӏваялъул ахиралда кӏиябго рахъалдасан дандбана ругел квал-квалал лъугӏизариялъе гьаризе кколел тадбирал.\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакторасул ва гьесул заместителасул бакӏазде ун гьединал дандчӏваял рукӏана Шамил, Лъаратӏа, Цӏумада, Цӏунтӏа, Гӏахьвахъ, Гъуниб, Чӏарада, Хьаргаби, Гъизилюрт районазул, Бежтӏа участкаялъул нухмалъулезулгунги.\nМасала, гьаб буго Гъуниб районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировасулгун букӏараб дандчӏваялдаса сурат.\nГьаб цояб ккола «Цӏумадисезул гьаракь» газеталъул редакциялда бахъараб сурат.\nГӏумахан Гӏумахановгун Пайзула Пайзулаев щвана Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редакциялдеги."}
{"slug": "6506-khasavyurtalda-tsoyal-rokhula-khisa-basiyazdasa-tsogidaz-khiarakat-bakh-ula-gel-rikhungutiize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6506-khasavyurtalda-tsoyal-rokhula-khisa-basiyazdasa-tsogidaz-khiarakat-bakh-ula-gel-rikhungutiize", "title": "Хасавюрталда: цоял рохула хиса-басияздаса, цогидаз хӏаракат бахъула гьел рихьунгутӏизе", "date": "2019-12-06 10:33:40", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Хасавюрт» шагьаралъул бетӏер Зайнудин Охъмазовасулгун гара-чӏвари.\n— Шагьаралъул бетӏерасул хъулухъалде вачӏиналде дур букӏана комсомолалъул, партиялъул идарабазда хӏалтӏиялъул, Афгъанистаналда хъулухъ гьабиялъул кӏудияб гӏумруялъул хӏалбихьи. Гьеб букӏанадай цӏияб хъулухъалде вищиялъе гӏиллалъун?\n-Лъаларо. Букӏун батизеги бегьула. Дир кандидатура,цогидазда цадахъго,бихьизабуна Сайгидпаша Гӏумахановас ва шагьаралъул Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъ ккуна.\n— Хасавюрталъулаз разиго къабул гьарулел руго гьенир кколел хиса-басиял. Щиб лъалеб,кватӏичӏого киналго шагьаралдаса чӏухӏулеб къо бачӏине бегьула. Мун гьединаб пикруялда рази вугищ?\n— Рази вуго! Абила, кколел хиса-басиял къокъаб заманалъулал гурин, гьез шагьаралъул гьумерги гӏумруги жеги хисизабизе бугилан.\n— Жакъасеб шагьаралда бищунго кӏвар бугеб суаллъун ккола рикӏкӏен гӏемерал базаралгун дармил центразда сверухълъи, къватӏал, шагьаралъул рагӏаллъаби рищни-къулалъул гохӏаздаса рацӏцӏад гьари. Кьучӏдасанго гьеб хисизабиялъе щиб гьабизе бугеб?\n— Жидерго дармил идарабазда ва гьезда сверухълъиялда санитарияб гӏадлу-низам букӏинаби гьединал бакӏазул бетӏергьабазул иш буго. Гьез къотӏи-къаял гьаризе ккола «Дагъэкосити» регионалияв операторасулгун. «Дагъэкосити» цолъи буго гьеб хӏалтӏи гьабиялъе тӏадал чагӏи, гьел ниже мукӏурал чагӏи гуро. Гьелъие инкар гьабулел раккани, операторас судалде гӏарза хъвазе ккола.\nШагьаралъул рагӏаллъабазда, рази вуго, рищни-къулалъул гохӏал рукӏана ва гьанжеги рихьизеги бегьула. Муниципалиял идарабаз гьеб хӏалтӏи тӏубалеб заманалда ахӏвал-хӏал батӏияб букӏана. Разилъизе ккола рукӏа-рахъиналъул хутӏелал нилъехъе рехизе батӏиял планетабаздаса гӏадамал рачӏунареблъиялда. Гьеб сверухълъиялда гӏумру гьабулел гӏадамазул кӏвар гьечӏолъиялъул, гьезул культураялъул даража бихьизабулеб хӏужалъун хутӏулеб буго.\nГьедин бугониги, абила, ахираб заманалда ахӏвал-хӏал хисулеб бугилан. Калам гьечӏого, гьеб рахъалъ гӏадлу букӏине буго.\n— Хасавюрталъул гӏумру хисизабиялъе гьабизе кколеб хӏалтӏи гӏемераб буго. Тӏоцебесеб иргаялда,тӏубазе кколеб суаллъун хутӏулеб буго, ракьалда гъоркьан лъурал басралъарал коммуникациял хисиялъул суал. Гьеб рахъалъ гӏагараб заманалда хиса-басиязде хьул лъезе бегьиладай?\n— Битӏараб буго. Шагьаралда жанисел коммуникациязул 70-75 % хисизе ккола. Гьаниб-доба лъадамухъал къачӏаялъ ахӏвал-хӏал хисизабуларо. Гӏицӏго «Горводоканал» цолъиялъул диспетчерас къоялда жаниб 20-30 ахӏи къабул гьабулеб буго авариял карал бакӏаздасан.\nСуал тӏубаялъе кумек нижеца республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасдасан гьарана. Гьесул рахъалъан Россиялъул хӏукуматалде гьабураб хитӏабалъулги хӏасил кколеб буго: бакӏал раялъул ва регионалияб цебетӏеялъул рахъал хӏукуматалъул бетӏерасул заместитель Виталий Муткоца гьеб суал тӏубазабизе рукӏа-рахъиналъулгун коммуналияб магӏишаталъул ва бакӏал раялъул министрасда тӏадкъан буго.\nРеспубликаялъул бетӏерасул финансазулаб рахъкквеялдалъун хӏадур гьарулел руго проекталъулалгун сметаялъулал документал. Гьезда рекъон цӏигьабизе буго Сулахъалда бугеб насосазулаб станция, гьенисан «Ахъташ» лъим босулеб станциялде щвезегӏан бачине буго биргъабазул кӏиабилеб мухъ.\nЖибго «Ахъташ» станцияги, цадахъго лъим бацӏцӏад гьабулеб бакӏги балаго, цӏигьабизе буго. Цӏияб биргъабазул мухъ бачине буго гьединго,цӏигьабизе хӏисабалде босараб «Бешбулахъ» станциялдасаги. Хӏалтӏаби гьаризе руго шагьаралда жанисел мухъаздаги.\n— Кин унеб бугеб республикаялъулаб «Бакӏалъул кӏваралъул автомобилазул нухал къачӏай» программа ва гьеб проект гӏумруялде бахъинаби?\n— Рехсарал ва цогидал программабигун проектал тӏураялъул иш графикалдаса кьуричӏого унеб буго. Гьел хъинтӏулел руго шагьаралъул 12 къватӏалда, рукӏа-рахъиналъул 17 объекталда, маххул нухда гъоркьан унеб тоннелалда. Нижер щибаб къойилаб хӏаракаталдалъун хӏасилалда нухаздагун къватӏазда ва минабазда сверухъ хӏалтӏаби унел руго.\n2020 соналъул авалалдасанго нахъеги республикаялъулал ва бакӏалъулал программабигун проектал шагьаралда гӏумруялде рахъинариялда тӏад хӏалтӏизе руго. Амма,абила,гьеб рахъ гӏадамаз коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац ва рихьизарурал налогал кьеялда бараб букӏинилан.\nЖидеда тӏад бецӏичӏеб налъи хутӏулел гӏадамаз яшав гьабулел къватӏал программаялде гъорлъе рачине гьечӏо.\nГьанжеялдего тӏурарал хӏалтӏабазул бицани, «150 школа» программаялъул хӏисабалда къачӏана 8 лъай кьеялъул идара, унеб буго №3 школалъул мина гӏатӏид гьабиялъул хӏалтӏи, № 19 школалда байбихьун буго спорткомплекс базе.\n— Рехсаралъ шагьаралъулал хӏалтӏудалъун хьезариялъе квербакъи гьабулеб бугищ?\n— Киналго бакӏазда 60-ялдаса цӏикӏкӏарав чиясе хӏалтӏи щвезабуна, гьезулгун хъван руго захӏматалъулал къотӏи-къаялги. Амма гьездасан цӏикӏкӏунисел шагьаралъулаллъун кколаро. Хасавюрталъулал,щаялиго,гьединал хӏалтӏабазде лъугьине гӏедегӏулел гьечӏо.\nРакӏалде ккола хадусанги батӏи-батӏиял программабазда ва проектазда гӏахьаллъиялъ хӏалтӏудалъун хьезариялъул рахъалъ хиса-басиял рукӏинилан.\n— II-абилеб нухалъ шагьаралда тӏоритӏана эркенаб гугариялъул рахъалъ Континентазда гьоркьосеб кубокалъе гӏоло къецал. Гьелде хӏадурлъиялъул, хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул, жалго къецазул кӏвар кинаблъун дуда бихьулеб?\n— ФИЛАялъул къайимлъиялда тӏоритӏулел гьел къецал Россиялда бищунго кӏвар бугездасан цоял ккола. Исана гьенире 10-ялдаса цӏикӏкӏун пачалихъалдаса гугарухъаби рачӏана. Къецал,кидаго гӏадин,тӏадегӏанаб даражаялда ана. Гьеб ккола хӏадурлъиялъул заманалда, кигӏан гьитӏинабги суал кӏваралдаса биччачӏолъиялъул хӏасил.\n— Дир лъимерлъиялъул заманалда хӏалтӏулел рукӏана батӏи-батӏияб рахъалъул кружокал, творчествоялъулал станциял, нижеца бакӏарулаан гъурараб махх, кагътал, жамгӏияталъе пайдаяб хӏалтӏи гьабулаан. Гьанже гьеб рахъалъ кинаб хӏалбугеб?\n— Рази вуго. Гьеб букӏана камилаб пачалихъалъулаб программа. Додигӏанго гӏатӏидго гьечӏониги, гьанжеги гьеб рахъалъ гӏураб чӏаголъи бихьизе бегьула. Мисалалъе гӏицӏго «Спартак» маданияб кӏалгӏа ва гьенир хӏалтӏулел кружокалгун студиял рачаниги гӏела.\nЖамгӏияталъе пайдаяб хӏалтӏул бицани, дида гьениб чанго нухалда лъагӏалида жанир лъимал ва гӏолилал жалго цӏалулел, яшав гьабулеб бакӏазда сверухъ рацӏцӏалъи гьабизе рахъиналъулъ квешаб щибниги бихьуларо. Гьезулъ гьединал ишаз жавабчилъи, цӏуна-къай гуреб батӏияб щибго куцаларо. Лъай кьеялъул идарабазги гьеб рахъ берзукьа борчӏизе биччазе теларин ккола.\n— Хъулухъалда бараб 4 соналъ бокьанищ дуе Хасавюрт? Букӏанищ гьаниве вачӏиналдаса рекӏекълъи ва гьабизе кӏваралъун сундаса чӏухӏулев?\n— Дие гьанже гуро шагьар бокьараб, доб рикӏкӏадаб лъимерлъиялдаго, гьанив яшав гьабулев ва №4 школалда цӏалулеб заманалдагойин. Разилъи гьечӏолъи бижула ракӏалда букӏараб кинабго тӏубазе рес гӏолеб гьечӏолъиялдаса. Вохула Хасавюрталда республикаялда бищунго цебетӏураб лъай кьеялъул къагӏида гӏуцӏизе бажариялдаса,гӏолилазул политикаялъул, спорталъул, социалияб рахъалъ ккараб цебетӏеялдаса.\nХиса-басиял гӏадамаз батӏа-батӏайиса къабул гьарула: цоял гьездаса рохула, цогидаз гьеб бихьичӏого хутӏизе хӏаракат бахъула.\nЦойги нухалда абуни, дунго вохула шагьаралда кколел киналго лъикӏал хиса-басияздаса.\nБожаравги вуго шагьаралъул гӏадамазул гӏаммаб гӏахьаллъиялдалъун Хасавюрт шагьар тӏегьазе букӏиналда."}
{"slug": "6525-gotsial-tokgi-bugo-nukhalgi-giajnalmal-un-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6525-gotsial-tokgi-bugo-nukhalgi-giajnalmal-un-rugo", "title": "Гьоцӏалъ: токги дагь буго, нухалги гӏайналмалъун руго", "date": "2019-12-09 09:10:57", "categories": ["obshestvo"], "text": "Битӏун газета къватӏибе биччазе хӏадурлъулелъул, редакциялде кӏалъан вачӏана Гьоцӏалъа Абулмуслим Шамилов.\nГӏезегӏан мехалъ Гьоцӏалъ художественный комбинаталда жавабиял хъулухъаздаги хӏалтӏарав, гьанже хӏалхьиялдаги вугев чи ккола гьев. Минаялда цебе лъикӏаб ахги найил тӏулбиги руго гьесул. Нилъеца гьелъул хӏакъалъулъ цогидаб нухалда гӏатӏидго бицина.\nГЭС буго, канлъи гьечӏо\nГьанже гьев редакциялде кӏалъаялъе гӏиллалъун ккараб жо бугоан гьоцӏал хасел байбихьудаго токалдаса махӏрумлъун хутӏиги нухал хашго рукӏинги.\nБитӏараб бицани, Абулмуслимица рехсолел гьел гӏунгутӏаби магӏарухъ гурониги, шагьараздагицин дандчӏвала. Дагьабниги гьури хуртӏарабго уна гьенибги канлъи. Реццилел хӏалалда нухалги гьечӏо.\nПалхӏасил, жидер росулъ ругел гӏузрабазул бицине гьадин байбихьана Абулмуслимица:\n«Гьоцӏдерил ракьалда бараб ГЭСги буго, токги гьечӏого нижги руго.\nХӏубалги чӏван, кабельги цӏана нижер гьаниб, анцӏила хадубниги трансформаторги лъуна. Амма гьелда бараб жо токалъул тӏириги батулеб гьечӏо. Сордо-къоялда жаниб чанцӏулго ссун, бачӏун букӏуна гьеб. 200-ялда хадуб букӏине кколеб вольталъул бакӏалда 120 букӏуна.\nГьелъул магӏна щиб? Щибизе бараб жоха цинги нижерго ракьалда ГЭС, лъурал трансформаторал?\nХасалил заманалда кинан нижеца бетӏербахъи гьабизе кколеб цӏадаб лъезе цӏулги, биччазе газги, босизе тӏурччиги щолеб гьечӏони (росулъе бачӏараб гьеб тӏурччиги щивав чиясе гуро щолеб босизе).\nГьеб ГЭСги, нужедаго лъалаха, нижер умумузулго рукӏарал ахалги хвезарун бан бугеблъи. Бащадалъул бащдаб гурони рецӏалил гӏарацги щвечӏо (лъицаниги гӏанкъунищ гьеб, яги кибе арабали лъицаниги бицунеб гьечӏо)».\nРухъа-хъварал нухал\nХадуб Абулмуслимица кӏвар буссинабуна росдал нухазде.\n«Лъим бачунебилан, рухъун рана хъил тӏуралги тӏечӏелги росдал нухал. Гьабсагӏаталда гӏайналмалъараб куцалда хутӏун руго гьел, къачӏазеги къачӏачӏого. Цо заманалда шоферзабиги цогидал гӏадамалги лъугьун рукӏана жидерго гӏарцухъ гьел рукӏалиде рачинеян. Хӏукуматалъул букӏунаребищ гьединал хӏажалъабазе биччалеб-толеб жого?\nЦойги. Доба Бухӏнада нахъа (Хунзахъе унеб нухдасан Гьоцӏалъе сверулеб бакӏ) бугеб нух хун букӏана тӏаса гӏодобе ракьги ччукӏун, кьоги биххун. Амма гьеб бакӏги жибго тун, дунялалъул гӏарацги тӏад харж гьабун къачӏалеб буго жеги азарго соналъгицин ччукӏизе ракӏалдаго гьечӏеб бакӏ», — илан бицана Гьоцӏалъа Абулмуслимица.\nГьеб рахъалъ Хӏариколо вугев бегавуласда бахиллъун вугоан Абулмуслим. Росдал кӏалалдаса жанире щвезегӏан ругила кагъат гӏадал ритӏарал цӏур-цӏурарал нухал. Гьезул хьибилалдасан рачун ругила бетоналъул рахъал (цӏадал лъимги цогидабги жанибе чваххизе).\nТокги букӏина, нухалги гьарила. Амма — цӏияб соналдаса хадур\nГьелда тӏасан пикру гьикъизе чанцӏул ахӏаниги, жаваб кьечӏо гьоцӏдерил бегавул Ахӏмад Хъазанбиевасул телефоналъ.\nГьединлъидал ракӏалде ккана цеве гьеб хъулухъалда вукӏарав Шамиль Валиевасухъе ахӏизе. Гьанже гьев вуго Хунзахъ райадминистрациялда – гӏуцӏарухъанлъиялъулгун ихтияразул отделалъул начальниклъун. Гьеб отделалда тӏаде ккола росабазул суалалги.\nШамиль Валиевас бицухъе, 1959 соналдаса нахъего хисичӏел токалъул кваралги трансформаторалги рукӏана кӏиябго росулъ.\nГьанжегӏагар ДРялъул промышленносталъулгун энергетикаялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьоцӏдерил кӏиябго росулъ (Кӏудияб ва Гьитӏинаб) хисун руго кабелалги трансформаторалги. Гьел хӏалтӏизе риччазе руго Цӏияб соналдаса хадур. Гьебго заманалдехун биччазе буго газил рогӏороги.\n«Дун гьенив бегавуллъун вугеб мехалда лъураб цӏияб микьго трансформатор букӏана. Амма гьезда гьоркьоб цӏикӏкӏараб манзил хутӏулеб букӏиналъ, токалъул хӏалуцин хӏехьезе кӏвечӏо кваразда.\nГьанже (гьаб чанго соналда жанибцин) цӏакъго гӏемерлъана токалдалъун хӏалтӏизабулеб къайи-цӏа, цо-цояз батарейкабазул бакӏалда чӏабар хинлъизабизеги хӏалтӏизабулеб буго ток. Дол церегосел кваразулги трансформаторазулгийин абуни гьелъие гӏураб къуват букӏунаро, гӏицӏго чирахъал ракизе гурони. Тӏадежоялъе гӏезегӏан чагӏи руго гьедигӏанасебгицин токалъухъ гӏарац кьоларелги», — ян бицана Шамиль Валиевас «Хӏакъикъаталъе».\nАбулмуслимица рехсараб нухазул суалалъе жаваб кьолаго гьес абуна, тӏасияб соналъул октябралда росулъ аслияб нух гӏатӏидги гьабун, хъилги тӏун, къачӏан лъугӏизе бугилан. Гьелъие лъазабураб конкурсалда бергьараб подрядный организацияги бугин.\nВалиевасул рагӏабазда рекъон, гьеб рахъалъ хӏалтӏаби байбихьун рукӏана исанаго, амма документазул иш цойиде ккезабулагоги, хадуб дунял квачазе лъугьиналъги, дагьалъ чӏезе тана гьеб. Амма хинлъигун хӏалтӏи байбихьизе буго.\nКанализация бажаруларо, ливнестокал гурони\nГъоркьагьоцӏдерил гӏадамазулги буго гӏарз росулъ канализация гьечӏолъиялъ тату хун бугилан.\nГьелдеги ирга щвелин бицана Шамиль Валиевас.\nАмма ливнестокал гьарун гурони, канализация гьабуни, жидеде гӏайиб бачӏине бегьулин абуна гьес. Щайин абуни, гьелъие къваригӏунила лъим бацӏцӏад гьабулел жал (очистные сооружения). Гурони, канализация гьабуни, гьеб кинабго (шагьаралъго лъим гьекъолеб) гӏурулъейищ биччалеб?"}
{"slug": "6526-tiekh-bachiin-bajramalde-sverana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6526-tiekh-bachiin-bajramalde-sverana", "title": "Тӏехь бачӏин байрамалде сверана", "date": "2019-12-09 09:35:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьил рузман къоялъ республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росдал хӏакъалъулъ хъвараб «Карата. Из прошлого в будущее» абураб тӏехь къватӏибе бачӏиналда бан рохалилаб данделъи тӏобитӏана.\nГьелда гӏахьаллъи гьабуна бетӏералда Гӏахьвахъ районалъул нухмалъулев Мухӏамадзагьид Муслимовгун администрациялъул хӏалтӏухъабаз, гӏадатиял гӏадамаз, тарихалъул гӏалимзабаз ва цогидалги гьалбадерица. 750 гьумер бугеб, некӏсияб заманалдаса жакъа къоялде щвезегӏан кӏаралазул гӏумруги тарихги жанибе бачараб, гӏагараб ракьалде рокьи цӏикӏарав Гӏалигъази Гӏалигъазиевас данде гьабураб гьеб тӏехь академикияб басмалъун рикӏине бегьула. Ахирал соназда анцӏ-анцӏ тӏехь къватӏибе бачӏана магӏарул батӏи-батӏиял росабазул хӏакъалъулъ хъварал, амма ракӏчӏун абила, гьединаб тарихиял хӏужабаздалъунги бечедаб, гӏумру яшавалъул кинабго рахъалде берги кверги щвезабун хъвараб тӏехь жеги къватӏибе бачӏинчӏилан.\nКӏаратӏа буго цӏакъго некӏсияб тарихги бугеб, тӏадмагӏаруллъиялда чӏахӏиял росабазул цояб.\nКӏодолъиялъул рахъалъ гуребги гьеб машгьураб буго магӏаруллъиялъул гуребги Дагъистаналъулго тарихалда жиндир цӏар рагӏизабурал ишазул нугӏлъунги гӏахьалчилъунги. Гӏанди гӏурул жаниблъиялда рукӏарал эркенал жамагӏатазул цолъабазда гьоркьоб кӏкӏаралазул жамагӏат, букӏана бищунго къуватаздасан цояблъун.\nКинаб лъугьа-бахъин магӏаруллъиялда, Дагъистаналда кколеб бугониги гьезул гӏахьалчагӏилъун рукӏана кӏкӏаралал.\nХӀX гӏасруялда эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло имам Шамилил бетӏерлъиялде унеб букӏараб рагъул заманалда кӏкӏаралал рукӏана имамасул хьолбохь чӏарал, бищун хӏаракатал жамагӏатаздасан цоял. Шамилил наибзабилъун рукӏана Кӏаратӏаса Гъазиябдибир, Гъалбацӏдибир, Халид (Кьуркьулав), Турач, Тӏавуш Мухӏамад, Хӏажияв Хӏадис.\nХӏурияталъул соназда Советияб власталъе гӏахьвалазул партизаназул отрядалда гьоркьорги дагьал рукӏинчӏо Кӏаратӏаса багӏарал партизанал. Советияб гӏуцӏиялъул заманалда Кӏаратӏаса рахъана гӏелмуялда, адабияталда, спорталда, парахалъи цӏуниялъул, сахлъи цӏуниялда ва цогидалги идарабазда хӏалтӏулаго республикаялда ва гьеб бахун къватӏибги машгьурал гӏадамал. Мисалалъе, магӏарул прозаялъе кьучӏ лъуразул цояв, хъвадарухъан ва журналист Абакар Тӏагьиров, Дагъистаналдаса тӏоцевесев профессионалияв художник Мухӏидин Гӏараби Жамал, тӏоцеесей литературияб институт лъугӏарай магӏарулай, Дагъистанияй машгьурай шагӏир Машидат Гъайирбекова, Совет Союзалъул Бахӏарчи Мухӏамадзагьид Гӏабдулманапов, Северияб Кавказалдаса тӏоцевесев олимпиялъул чемпион гугарухъан Загъалав Гӏабдулбеков, гӏелмабазул докторал З. Мухӏамаддибирова, Р. Халидова, Т. Хириев, Г. Мусаев, П. Гӏалигъазиева ва цогидалги.\nТӏехь бечед гьабун буго архивалъул материалаздалъун, Кӏкӏаралазул ракьалъул тӏабигӏаталъул суратаздалъун, росдал тарихалда цӏар тарал росуцоязул суратаздалъун.\nТӏехьалъе къиматги кьун, гьелъ гьабураб асаралъул, тарихалъе ва хадуб гӏолеб гӏелалъе гьелъул бугеб кӏваралъул бицун данделъиялда кӏалъазе рахъана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимов, тарихиял гӏелмабазул докторал Юсуп Дадаев, Закарья Нахибашев, Ильяс Мухӏамадсултӏанов, гӏалимчӏужу Р. Халидова, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель П. Пайзулаев ва цогидалги.\nБукӏана кечӏ бакъанги. Гӏахьвалазул фольклорияб ансамблялъул гӏахьалчагӏаз ахӏана кучӏдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби. Тадбир махщалида нухда бачана Гӏахьвахъ администрациялъул жавабияв хӏалтӏухъан Деньга Махиевас. Ахиралда кӏалъазе вахъарав, тӏехь хӏадур гьабурав, Гӏалигъази Гӏалигъазиевас данделъиялде рачӏаразе баркалаги загьир гьабун абуна, тӏадежураялги гьарун, ккарал гӏисинал гъалатӏалги ритӏизарун тӏехь цӏидасан бахъизе бугилан.\nРосдал хӏакъалъулъ бахъараб тӏехь цебелъей кӏкӏаралаз унго-унгояб байрамалде сверизабуна."}
{"slug": "6529-magiarukh-e-muzykaliyab-sapargun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6529-magiarukh-e-muzykaliyab-sapargun", "title": "Магӏарухъе – музыкалияб сапаргун", "date": "2019-12-09 11:32:30", "categories": ["lit"], "text": "«Кочӏолаб Чӏарада» бихьиназул хоралъул хӏакъалъулъ лъаларевги, гьелъ асир гьаричӏел магӏарулалги ратиларо, хасго мугӏрузул районазда.\nРорхатал мугӏрузул Чӏарада районалда бижараб унго-унгояб магӏарул кочӏол гъасда чанги данделъана магӏарулал. Хоралъул щибаб кечӏалъ нилъее бицуна мугӏрузул борхалъиялъулги, магӏарулазул тӏадегӏанлъиялъулги, миллаталъул цӏар цӏвабзазда аскӏоб хъварал бахӏарчиял васал-ясазулги къиса. Гьабсагӏаталдаги гьеб кечӏ гъугъала рокьул дандерижилъун гӏагарал мугӏрузда. Гьелъухъ гӏенеккаразул ракӏалги зобалазде цӏаруцӏуна. Гьелеха кочӏол къуват – жиндихъ гӏенеккаразда сири базаби. Гьенибго букӏуна магӏуги, гӏоди-релъиги, рохел-пашманлъиги. Гьеб кинабго хаслъи цӏунун хутӏун буго жакъаги, гьадинаб хӏабургъараб ва магӏарул кочӏол дунялалда инкъилаб гьабизе лъугьарал кочӏохъабазухъ гӏинги тӏамичӏого, чӏарадисезул бихьиназул хоралъул гъасда.\nМугӏруз нухарегӏана гьеб гӏатӏиракьалде. Ва жакъа гьелъул рещтӏен буго Магӏарул театралда. Амма жакъаги кечӏ кидаго кидаго мугӏрулгун буго. Гьеб гӏащикълъун букӏуна миллаталъул гьаркьихъ, ва магӏарухъ гӏадин гьеб кибниги рагӏуларо. Гьеб чӏалгӏун букӏуна чӏухӏарал цӏумазул рорженалъухъги, хӏанчӏазул чӏирчӏириялъухъги, гӏисинал лъаразул сариназухъги.\nЖидерго гӏищкъудал гӏагараб ракьалъе бицине иргадулаб нухалда Чӏарада районалда щвана чӏарадисезул хор. Гьезда гьоркьор рукӏана миллияб кочӏолаб маданияталъул чӏухӏилъун кколел Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачев, Дагъистаналъул халкъиял артистал Гӏабдулла Мухӏамадмирзаев ва Абакар Гӏумархӏажиев. Гьел цере рахъана Цӏуриб росдал гӏадамазда цере.\nКӏудияб рохеллъун чӏарадисезе букӏана Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудинова гьоболлъухъ ячӏинги.\nГьеб букӏана Хадижатил кочӏоца Чӏараде гьабураб тӏоцебесеб роржен.\nМагӏарулазда магӏарул кочӏол сордо баркана районалъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовас, лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил Мустафаевас.\nГьалбадерие музыкалияб салам кьуна магӏарулазул кочӏол борхалъилъун жакъаги кколел Чӏарадаса Шагьав Гӏабдурахӏмановасги Абакар Жамалудиновасги.\nТадбиралъул ахиралда чӏарадисезе баркала кьуна хоралъул нухмалъулев, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Муртазагӏали Гӏалиевас."}
{"slug": "6532-kiochonarel-tsiaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6532-kiochonarel-tsiaral", "title": "Кӏочонарел цӏарал", "date": "2019-12-09 11:55:50", "categories": ["lit"], "text": "Имахӏажи Такъиев гьавуралдаса — 90 сон\nГьавуна Имахӏажи Такъиев 1929 соналъул 27 ноябралда Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъ.\nГьес лъугӏизабуна Москваялъул А. В. Луначарскиясул цӏаралда бугеб театралияб институт 1955 соналда хӏалтӏизе лъугьана Магӏарул театралде.\nГьес хӏана анцӏ-анцӏ ролал. Гьезда гьоркьор руго, масала, М.Ю. Лермонтовасул «Бэлаялдаса» Максим Максимыч, Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулалда» Гӏусман, Шекспирил «Оттелоялдаги» вихьана гьев магӏарулазда, Гӏ. Хачаловасул «Аманаталдаги» Мирзал роль хӏана гьес. К. Треневасул «Любовь Яровая» спектаклялда Кошкинил, Бомаршел «Фигарол бертин» спектаклялда граф Алмавивал сипаталги рихьизаруна гьес.\n1960 абилеб соналъул ункъабилеб маялда гьев мустахӏикълъана «Мустахӏикъаб захӏматалъухъ» абураб медалалъе.\nГьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист», «Дагъистаналъул халкъияв артист», «Россиялъул мустахӏикъав артист» абурал тӏадегӏанал цӏаралги."}
{"slug": "6533-bukiinesel-ul-pikrabazda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6533-bukiinesel-ul-pikrabazda", "title": "Букӏинеселъул пикрабазда", "date": "2019-12-09 12:03:46", "categories": ["lit"], "text": "Махӏачхъалаялда, Гӏурус театралда тӏобитӏана Халкъазда гьоркьосеб театралияб форум. Гьенир гӏахьаллъана республикаялъул театразул хӏалтӏухъаби, театралиял вузазул студентал, Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса гьалбал.\nТадбир рагьана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ. Гьелъ бицана республикаялъул театразул творчествияб гӏумруялъул ва гьеб цебетӏезабиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 12 профессионалияб театр ва 30-ялдаса цӏикӏкӏун халкъияб театр. Гьединго гьелъ бицана республикаялда тӏоритӏулел Халкъазда гьоркьосел ва Тӏолгороссиялъул театралиял тадбиразулги хӏакъалъулъги. Форумалда рукӏана дандчӏваял, цоцазул хӏалбихьиязухъ гӏенеккана ва гара-чӏварана, театралъул букӏинеселъул бицунги.\nГьенибго Театралъул соналъул гӏаламат кьуна Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб Миллияб музеялъухъе.\nДагъистаналъул театразул актерал гӏахьаллъараб концертги кьуна форумалъул гӏахьалчагӏазе."}
{"slug": "6534-l-ikial-ishazul-khinab-gogen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6534-l-ikial-ishazul-khinab-gogen", "title": "ЛЪИКӏАЛ ИШАЗУЛ ХИНАБ ГЬОГЬЕН", "date": "2019-12-09 12:07:41", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьале лъагӏел данде щвана Гъуниб районалъул бетӏерлъун Салтӏа росулъа Мудунхӏажи Къадиров вачӏаралдаса. Гьеб къокъабго заманалда жаниб районалда гьабураб ва гьабулеб бугеб хӏалтӏул цо-цо рахъазул хӏакъалъулъ бицунеб буго мухбир Мухӏамад Къебедовасул гъоркьехун кьолеб бугеб макъалаялда.\nАбизе бегьула гьеб заманалда жаниб щибха хисарабилан. Гьеб суалалъул бициналде, абизе ккола Мудунхӏажи районалъул бетӏерлъуде вачӏанин цӏакъ захӏматаб заманалда. «Гьадигӏанго гӏемерал масъалаби ратилин вукӏинчӏо», — ян гьес чанго нухалда абизеги абуна.\nРайоналъул школазде бачӏараб тӏорччохъцин кьезе кколеб гӏарцул налъи бахун батана 24 миллион гъурщиде. Цохӏо гьеб мисал гӏеларищ букӏараб ахӏвал-хӏалалъе къимат кьеялъе.\nГӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккана налогал ракӏариялъул рахъ роцӏинабизе. Исана 10 моцӏида жаниб, бачӏине кколелдаса, микьго миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ щун буго налогазул.\nГьелдаго цадахъ хӏалтӏи гьабизе ккана районалъул халкъалъул социалияб рукӏа-рахъиналъул рахъ борхизабиялъул мурадалда.\nХӏалтӏул тӏоцересел къоязго Мудунхӏажи Къадировас тӏалаб гьабуна «Гъуниб» лъималазул санаториялда Гъуниб росдал школалъул филиалалъул хӏалтӏи цӏигьабизе,\nрайоналда физкультураялъулабгун сахлъиялъулаб комплекс Хьиндахъ росулъ баялъе практикаялъулал хӏалтӏаби гьаризе.\nАхираб заманалда Гъуниб росдаде тӏаде балагьараб кьуру тӏун бачӏунеб хӏалалда букӏун, гьеб кьуру щула гьабиялъе проекталъулал хӏалтӏаби гьарулел руго МЧСалъгун цадахъ «Ленгидропроект» абураб гӏуцӏиялъ.\nХӏаракат бахъана батӏи-батӏиял республикаялъулги федералиялги программаби районалда рилълъанхъизариялъул мурадалда хӏадур гьабуна хасаб программа.\nБищунго гӏемер гӏадамаз кьолеб суал букӏана Гъуниб районалде газ бачиналъул. Мудунхӏажи Къадировас гьеб суалги борхана ДРялъул промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумахановас тӏобитӏараб данделъиялдаги. Къокъабго заманалда районалде рачӏана газалъул хӏалтӏухъаби. Бахъана Гъуниб районалде газ бачиналъул хасаб карта.\nЖакъа райцентралде рачӏунездаги бихьулеб буго гьелъул гьумер хисулеб букӏин. Райцентралда гӏумру гьабулел гӏадамазе лъадал бугеб къварилъиги хӏисабалде босун, тадбирал гьарулел руго гӏурухъа лъим бачиналъеги. Гьеб мурадалда, биччан буго 35 миллион гъурущ гӏарацги. Райцентралда балеб буго футболалъул майданги.\nГӏемерал соназ бицунеб букӏана Гъуниб цӏияб ясли-ах базе хӏажат букӏиналъул. Гьале гьанже, райцентралда ясли-ах базе проекталъулал хӏалтӏаби гьаризе байбихьана.\n«150 школа» абураб республикаялъул программаялде гъорлъеги бачун, Гьонода росдал школалда хисана школалъул минаялъул тӏох, гордал. Гьарулел руго ремонталъулал хӏалтӏаби. Гьекъолеб лъел масъала тӏубазабизабиялъул мурадалда биччан буго анкьго миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ гӏарац.\nЩивав цӏияв нухмалъулесул гӏадат буго бугеб ахӏвал-хӏал мухӏканго лъазабизеросабалъеги ун, гьенир дандчӏваял тӏоритӏулеб. Гьедин Мудунхӏажи Къадиров щвана щибаб росулъе. Ратарал гӏунгутӏаби хӏисабалде росана лъугӏизаризе кьуна тӏадкъаял, цо-цоязе гьаруна бадирчӏваял.\nГьанже росабалъе щвараб мехалда бихьулеб буго цебехун букӏинчӏеб гӏадаб чӏаголъи букӏин. Цо-цо бакӏазда хӏалтӏи гьабулеб батани хӏукуматалъул гӏарцудалъун, цо-цояз хӏаракат бахъулеб буго жамагӏатазул ресазда рекъонги хӏалтӏаби гьаризе.\nРайоналъул бетӏер щварал бакӏазул цояб букӏана Чӏохъ росуги.\nГьанже гьенибги хӏалтӏул кор боркьараб хӏисаб буго. Рагӏалде бахъун буго граждан рагъул гӏахьалчагӏазул хӏурматалда бугеб парк къачӏан, гьединго лъугӏулеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул хӏурматалда рагьараб паркги, культураялъул кӏалгӏаялда хисун буго тӏох.\nЦохӏо гьеб росдал клуб капиталияб къагӏидаялъ къачӏазе биччан буго 15 миллион гъурущ. Кватӏичӏого Чӏохъ росулъе бахъизе бугеб цӏияб лъел мухъалда хӏалтӏи гьабизе бихьизабун буго 19 миллион гъурущ гӏарацги.\nХьиндахъ росулъ, «Городская среда» абураб программаялда рекъон гьабун буго гьитӏичазе расандизе санагӏалъи, чӏахӏиязе торгӏо хӏазе майдан, къачӏалел руго гьенире нухал…\nМохӏоре щведал бихьана тӏохги хисун, берцинго жанисаги къватӏисаги къачӏараб ясли-ах.. Гӏемерисеб хӏалтӏул хӏасилги бараб букӏуна бегавулзабазулги райадминистарциялъулги бугеб гьоркьоблъиялда.\nГьелъул бицуна ахирал соназда, масала, Къорода жалго гӏадамазул харжаздалъун гьарулел хӏалтӏаби цӏикӏкӏунел рукӏиналъ. Бачана Цӏияб Къороде кӏуядерил лъарахъа лъим, гьарулел руго канализацияби, некӏсияб росулъ ралел руго къулгӏаби, нухда бетон тӏуна. Гьединго гамачӏ-гъегъалдаса бацӏцӏад гьабуна хъил тӏураб шагьранухги.\nТаманаб заман букӏана Бацӏада росдал школалъул спортзал къачӏазе тӏалаб гьабулеб букӏаралдаса. Гьебги хӏисабалде босун, капиталияб къагӏидаялъ спортзал къачӏаялъе тадбирал гьаруна. Гьелъие биччан буго лъабго миллионгун анкьнусазарго гъурущ гӏарац. Гьабсагӏаталда гьенир тӏад ран унел руго хӏалтӏаби.\nГьеб буго районалъул цӏияв бетӏерас тӏаде гӏун бачӏунеб гӏелалде кӏвар кьолеб букӏиналъул цоги мисал. Хӏалтӏуде вахъун заман балелдего районалда лъазабуна гӏолилазда гьоркьоса специалистал тӏаса рищиялъул къец. Районалда хӏаракат бахъулеб буго цебе букӏараб къагӏидаялъул даражаялде районалъул лъайкьеялъул хӏалтӏи бачине. Гьабсагӏат унеб буго школаздагун ясли-ахазда щартӏал лъикӏлъизариялъул хӏаракатчилъи. Гьедин республикаялъул хӏукуматалъул тӏадкъай тӏубаялъул мурадалда Гъоркьа-Кӏогьориб, Гӏобохъ, Къорода-кьотӏа, Салтӏа, Сильтӏа, Гӏунтӏиб, Шамгъода, Кӏогьориб, Гъуниб, Ругъжаб росабазул школазда гьарулел руго хинал хӏажатханал.\nКудалиб росдал школалъе кьуна цӏияб автобус.\nИсана лъагӏалил ахиралде гьединалго микроавтобусал рачӏине ругилан бицана районалъул бетӏерас Шуланиб ва Гъуниб школазеги.\nЦохӏо Гьонода гуребги, «150 школ» проекталъул хӏисабалдасан капиталиял хӏалтӏаби гьаруна Силтӏа, Хӏутниб, Чӏохъ-Коммуна, Салтӏа, Сугъралъ росабазул школаздаги.\nГьединго районалда гӏумруялде рахъинарулел руго «Современная школа» абураб федералияб программа ва «Точка роста» абураб регионалияб проект. Гьеб мурадалда биччараб ункъо миллонгун 800 азарго гъурущ щвана Гъуниб, Сугъралъ, Кудалиб росабазул школазе.\nКъачӏазе байбихьун руго росабазул ясли-ахалги: Гъоркьа-Кӏогьориб — цо миллионгун 34,3 азарго, Салтӏа — кӏиго миллионгун нусазарго гъурущ гӏарац бихьизабун буго.\nЦебехун букӏинчӏеб къагӏидаялъ байбихьун буго районалъул росабазул жанисел нухаздеги кӏвар кьезе. Гьедин бихьизабун буго Бацӏаде нух къачӏазе — 14730 азарго, Ругъжабе — 20 миллион, Салтӏе — 50 млн, Тӏад Гъунибе — 2400 азарго, Хӏотӏочӏ-Хьиндахъ- 100 азарго, Гъуниб-Бацӏада-Накӏазухъ нухалъе ичӏго миллионгун 700 азарго гъурущ . Гьениб буго нухазда хӏалтӏи гьабизе букӏине проект бахъизе биччарабги.\nГьелде тӏадеги республикаялъул нухазулаб фондалдаса Мохӏоб ва Бацӏада росабазул жанисел нухазеги бихьизабун буго кӏиго миллионгун 404 азарго гъурущ.\nРакӏалдаго гьечӏого бухӏуана Кьогъоб школалъул байбихьул классал жанир цӏалулеб корпус. Гьенибги хех гьабун гӏуцӏана хасаб комиссия. Жеги хӏинкъараб хӏалалда буго Кьогъоб школалъул хутӏараб корпусги. Гьениб 2020 соналда цӏияб школа базе планалде босун буго.\nГьеб мурадалда Мудунхӏажи Къадиров щвана Минэкономикаялде ва рагӏалде бахъана бачӏунеб соналъ Кьогъоб 100 цӏалдохъанасе школа баялъул суал.\nГьединго лъай кьеялъул министерствоялъ 2,5 миллион гъурущ гӏарац биччалеб буго Гъуниб росдал школалъул спортзал къачӏазеги.\n2012 соналдаса нахъе тӏалаб гьабулеб букӏараб Кьогъоб ясли-ахалъе биччазабуна гьелъие гӏураб гӏарац. Лъел хӏалтӏаби гьаризе руго Силтӏа, Шуланиб росабалъги. Хӏотӏочӏиб къачӏазе буго ясли-ах. Церечӏарал масъалабиги дагьал гьечӏо. Цӏидасан базе ккун буго жеги ичӏгоги школа. Гьечӏо цониги росулъ типалъулаб къагӏидаялъ бараб ясли-ахалъул мина.\nГьединалги цогидалги масъалаби дагьал гьечӏо районалда. Цо-кӏигоги соналда жаниб гьеб кинабго рагӏалде бахъунеб хӏалги гьечӏо. Амма хьул лъезабулеб гьабсагӏат гьарулел лъикӏал ишаз районалде хинаб гьогьен бачун бачӏунеб букӏиналъ.\nГьале цебегоялдаса нахъе бицадулъ хутӏун букӏараб МТС — машинабазулгун тракторазул станция хӏалтӏизе бичана. Босана гьенибе цӏияб кӏиго комбайн. Гьелъ рес кьезе буго къватӏиса ккураб техникаялъухъ къватӏибе унеб букӏараб гӏарац районалда жанибго хутӏизе. Цебе лъолеб буго туризмги районалъе пайдаяб, хайир кьолеб къагӏидаялъ гӏуцӏизе ккелилан абураб суалги.\n2020 соналда бицен гьабулел программабазда рекъон хӏалтӏи гьабизе хӏисабалде босун буго Хӏотӏочӏ, Бухтиб, Сугъралъ росабалъ. Базе буго 1993 соналдаса нахъе нухдаго хутӏун бугеб Салтӏа-Кудали кьоги.\nТӏолалъулго хӏакъалъулъ гьаниб бицун лъугӏиларо. Ратила районалда, гӏунгутӏабиги, гӏоларел рахъалги, гӏумруялде рахъинаризе кколел ишалги.\nГьеб киналъулго хӏасил гьабун буго районалъул бетӏерас ва баркала кьолеб буго районалда бугеб ахӏвал-хӏалги бичӏчӏун, сундулъго сабурги гьабун, жигаралда цадахъ хӏалтӏулезе.\nБихьулеб буго районалъул нухмалъиялде вачӏунаго Мудунхӏажилги районалъул гӏадамазулги рукӏарал хьулалгун анищал дагь-дагьккун гӏумруялде рахъунел рукӏин. Гьелдаса рази буго Гъуниб районалъул захӏматчагӏиги."}
{"slug": "6535-magiarul-gazetal-ul-redaktoral-rakialdeshchvezaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6535-magiarul-gazetal-ul-redaktoral-rakialdeshchvezaruna", "title": "Магӏарул газеталъул редакторал ракӏалдещвезаруна", "date": "2019-12-09 12:14:17", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Жеги лъугӏун гьечӏо магӏарулазул миллияб «Хӏакъикъат» газеталъул тӏоцебесеб номер къватӏибе бачӏаралдаса 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏоритӏулел тадбирал.\nДолдаса нахъе ана кӏиго сон. Гьаб иргадулаб тадбирги сайгъат гьабун букӏана газеталъе редакторлъи гьабурал Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Заид Хӏажиевасе ва журналист Хӏамид Темирхановасе. Гьел кӏиялгоги кколаан Хунзахъ районалдаса.\nДандеруссин тӏобитӏана Махӏачхъалаялъул №5 школалда. Гьеб рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас.\nТадбиралъул байбихьуда бихьизабуна «Хӏакъикъат» газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильм. Гьениб гьединго бицана 102 соналда жаниб газеталъе нухмалъи гьабураб 14 бетӏерав редакторасул ва цӏияв тарав редактор Гӏумахан Гӏумахановасул хӏакъалъулъги. Магӏарул адабияталъул байрамлъун лъугьараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Хӏамид Темирхановасул гӏагарай гӏадан Анжела Аслановаги. Гьелъ цӏалдохъабазе бицана кӏудияв инсул ва гьес нахъа тараб творчествияб нухлул хӏакъалъулъ.\nТахшагьаралъул №№5, 11, 34 школазул цӏалдохъабаз рикӏкӏана ва ахӏана Заид Хӏажиевасул кучӏдул. Гьединго гьез цоги нухалда ракӏалдещвезаруна жидедаго лъалел цогидал магӏарул шагӏирзабазул кучӏдулги.\nГӏали Камаловас ва «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Илясовас цӏалдохъабазда бичӏчӏизабуна магӏарул мацӏги, гӏадаталги, гӏамалалги цӏунизе ккей.\n— Миллаталъул букӏинесеб буго нужеда кодоб. Гьелъул кӏул кодосел хважаинзабазда лъалеб гьечӏо миллаталъул аслулъун кколеб рахьдал мацӏ. Хасго шагьаралъул лъималаз квер хьвагӏулеб буго гьелда. Гьединаб бербалагьи жакъа нилъерго мацӏалдехун бугони, гьеб тӏагӏине буго. Мацӏ тӏагӏани, тӏагӏуна наслу, турула гьелъул кьалбал. Гьединлъидал нужеда тӏадабги буго мацӏ лъазабизе. Жакъа нужеца рикӏкӏунел кучӏдулги гьел рикӏкӏине нужер бугеб махщелги бихьараб мехалда, божула ниж нужеца мацӏ цӏунизе букӏиналда- гьединаб букӏана кӏалъаязул магӏна.\nАбизе ккола гьеб букӏанин цӏикӏкӏараб гӏелалъ бачӏунеб гӏелалъе мацӏги цӏарги цӏунейилан гьабун толеб васигат.\nКӏалъазе яхъарай №5 школалъул учитель Зара Пашаевалъги бицана гьабсагӏаталда шагьаразул школазда рахьдал мацӏал малъиялъул ва лъималаз гьел лъазариялъулъ дандчӏвалел ругел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ. Тадбиралъул ахиралда букӏана кьурди-хъатги. Дандеруссиналъул киналго гӏахьалчагӏазе кьуна баркалаялъул кагъталги."}
{"slug": "6536-kidago-k-al-agi-ebelal-ul-bak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6536-kidago-k-al-agi-ebelal-ul-bak", "title": "Кидаго къалъаги эбелалъул бакъ", "date": "2019-12-09 12:36:06", "categories": ["history"], "text": "Республикаялъул тахшагьар Махӏачхъалаялда буго руччабазул динияб кӏиго гӏуцӏи – «Гьидаят» ва «Муслимат». «Муслиматалъулги» гьелъул нухмалъулей Хадижат Шихгӏалиевалъулги хӏакъалъулъ нижеца чанго нухалда хъвана газеталда.\nГӏемер щола гьенир тӏоритӏулел тадбиразде, бицуна гӏуцӏиялъул руччабазул хӏакъалъулъ. Ракӏалдеккана «Гьидаяталъулгунги» гьудуллъи гьабизе. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Загьра Гӏалинчиевалъ.\nДие рес ккана гьеб гӏуцӏиялъ тӏобитӏараб дандеруссиналдаги гӏахьаллъизе. Бицине бокьун буго гӏумруялъул рухӏиял школаллъун жакъа къоялда ругел гьел гӏуцӏабаз тӏоритӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ нужееги бицине, хӏурматиял цӏалдолел.\nКӏиябго гӏуцӏиялъул кӏудияб пайда буго гӏолил ясал цӏияб гӏумруялде куцаялъе. Цӏакъго хӏабургъараб ва цӏар лъез лъалареб гьаб заманалда гьениб гӏолилазе щолеб буго рухӏияб бечелъиялъул цӏураб лъай. Гьелдаса къваригӏараб щибго гьечӏо жакъа нилъее – магӏарул яхӏ-намусги, эбел-инсул къадруги, вацазул цӏарги цӏунарал мусудул. Гьеб кинабго лъадарула «Муслиматалъулги» «Гьидаяталъулги» гъасда.\nДуда эбелалъул берал рихьанищ?\nЭбелалъул хӏакъалъулъ бицине бегьула щибаб секундалъ. Гьелъул гӏумруялъул щибаб лахӏзат гьуин гьабула лъимералде бугеб хӏасраталъ. Эбелалъул хӏакъалъулъ кечӏ хъвачӏев чиги дунялалдаго цониги ватиларо. Ноябралда цӏакъго гӏемер тӏоритӏула эбелалъе сайгъат гьарурал тадбирал. Гьединал къояз цӏидасанги къалъула нилъее эбелалъул бакъ. Гьелъул щибаб чӏоралъулги буго кӏиго къисмат – цо эбелалъул, цогидаб – лъимералъул. Гьеб кӏиябго цолъун лъугьунеб хӏикматай хӏурулгӏиналъул рокьул хӏакъалъулъ бицине данделъун рукӏана руччабазул «Муслимат» цолъиялде. Гьелъул нухмалъулей Хадижат Шихгӏалиевалъул квербакъиялдалъун тадбиралде гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана республикаялъул районаздаса гӏемер лъимал ругел руччабиги.\nТадбиралда гӏахьаллъарал гӏуцӏиялда цебе рагьараб рухӏияб берцинлъиялъул школалъул ясал-цӏалдохъабаз рикӏкӏана, цӏалана эбелалъул хӏакъалъул кучӏдул, ахӏана нашидал.\nБайрамалда гьединго кӏалъана магӏарулазе хирияй шагӏир Тубхӏат Зургьаловаги. Гьелъ бицана жиндирго эбелалъул, гьелъ кьурал ва жеги рекӏелъги цӏунун, жиндицаги жиндирго ясазе кьолел ругел гӏумруялъул дарсазул хӏакъалъулъ.\nДандеруссиналъул гӏахьалчагӏазе кӏудияб асар гьабуна «Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз» абураб тӏехьалдаса гьелъ цӏаларал кучӏдуз.\n— Гьеб букӏана дир гӏумруялъул цӏакъго бакӏаб ва захӏматаб лахӏзат – эбелги, дунги, хвелги. Эбелалда чӏвалеб букӏун батила жиндего аскӏобе гӏагарлъулеб бугеб хвалил махӏ. Гьеб бичӏчӏарай гьелъ ахӏулеб букӏана дие жиндирго ахирисеб кечӏ — кинидахъ кечӏ. Кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулица абулаан эбелалъул хӏакъалъулъ кучӏдул киналго пашманал рукӏунилан. Гьанир ругел гӏолил ясаздаги гьарула дица улбузе бутӏрул къуле, гьел чӏаго ругеб мехалда, — йилан малъа-хъвай гьабуна гьелъ.\nКӏалъазе рахъарал гӏемер лъимал ругел улбузги бицана чӏужугӏаданалъул борчги налъиги Тӏадегӏанасда цебеги тӏубазабизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Байрамалда цо хасаб нур базабун букӏана гӏуцӏиялда цебе бугеб «Аманат» школалъул гӏисинал гьунарчагӏазги. Гьезги рикӏкӏана хӏасратай баба кӏодо гьаюрал кучӏдулги, ахӏана нашидалги.\nГьел лахӏзатаз дида цере рачӏунел рукӏана харабазул рукъзабахъ ругел хараби. Рачун гьенире лъималаз щвезарурал гьезул гьурмазда бугеб пашманлъи лъималазда гурони гьениса бачахъизе кӏолареб. Гьеб батизе ккола лъималаз улбузе нахъбуссинабизе кколеб хинлъиялъул пашманлъиялде сверараб свараб кьер. Гьединго цересаго унел рукӏинчӏо, улбузухъ чӏикӏдилаго, лъималазул рукъзабахъ гӏумру тӏамулел ругел талихӏбиларал лъималги…\nХрусталалъул гъамсал\nГьединаб цӏаралда гъоркь Махӏачхъалаялда, «Россия» рекӏелгъеялъул залалда Мухӏаммад авараг (с.гӏ. т.в.) кӏодо гьавураб тадбир тӏобитӏана «Гьидаят» гӏуцӏиялъ. Зал кьабгӏун цӏун букӏана тадбиралде рачӏарал руччабаз. Гьезда гьоркьор гӏемер рукӏана гӏолил ясал ва школазул цӏалдохъаби-ясалги.\nХрусталалъул гъамсал – гьедин абулеб букӏун буго аварагас руччабазде. Нилъер магӏарухъги абулеб рагӏун букӏана гьезде цӏорол сурахӏийилан. Цо дагьабниги кьватӏани, къачӏазе рес гьечӏеб. Гьелъул магӏна киназдаго лъалеб батиларищха. Бугониги, бокьн буго цоги нухалда такрар гьабизе – цо нухалда ккараб гъалатӏ гӏумруялъего рогьолъун хутӏулеб буго. Гӏуцӏиялъул ясаз ахӏана авараг кӏодо гьавурал нашидал. Тадбиралъул гӏахьалчагӏазе рес щвана бусурбабазе бищунго хирияв аврагасул гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккизе. Гьесул рухӏияб бечелъиялъул бицунел сценкаби рихьизаруна «Гьидаяталъул» цӏалдохъабаз. Бихьиназул рольги гьез жидецаго хӏалеб букӏана. Гьезухъа бажарана тадбиралъул гӏахьалчагӏазда цебе аварагасул сипат-сурат чӏезабун. Квешлъиялде дандегицин лъикӏлъи гьабизе бажари, мискинзабазе кумек гьаби, садакъа кигӏан кӏваниги, гӏемераб гьаби, эбел-эмен рази гьари, гӏагарлъигун, гьудул-гьалмагълъигун гьуин рукӏин…\nУмматилан ахӏделев вукӏарав гьесул гьаракь рагӏулеб гьечӏо жакъа напсилан ахӏделеб бугеб агьлуялда.\nГьенир сайгъатал ва дипломал кьуна гӏуцӏиялъ тӏоритӏарал къецазда гӏахьаллъарал ва бергьарал ва призалъул бакӏал ккуразе.\nГьединго сертификатал кьуна Къуръан цогидазда малъизе гьанже жидееги рес щварал руччабазеги.\nГьединал тадбиразул баракатги гӏемер букӏуна. Гьениб батула гӏумруялъ кьолеб захӏматаб суалалъе жавабги, лъугьуна ракӏазе бигьалъиги, ратула рилизехъин ругел нилъгоги. Ва ахир-къадги ккола битӏараб нухдеги."}
{"slug": "6537-roki-gechieb-rakial-kechi-kh-valaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6537-roki-gechieb-rakial-kechi-kh-valaro", "title": "Рокьи гьечӏеб ракӏалъ кечӏ хъваларо", "date": "2019-12-09 12:42:13", "categories": ["kultur"], "text": "Бокьула дие магӏарул шигӏрабазул дунялалда гьоболлъи базе, гьезде ургъел бикьизе, дирго къисматалъул гьезие бицине. Гьезулъ гӏемерисеб мехалда дунгоги ятула. Унго-унгояб кечӏалъ гьабун толеб лазатха дие! Бокьула шагӏирзабигун гара-чӏваризеги, жакъасеб гьеб улкаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги бицун.\nБицен гьабуна дица гьелъул хӏакъалъулъ редакциялде гьоболлъухъ ячӏун йикӏарай Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъеги. Гьелъ дие жаваб кочӏодалъун кьуна:\n— Гьимизе бокьун гьечӏо,\nГӏодизе бокьун буго —\nНамусалдаса горде\nНапсалъ бахъулеб буго.\nГьимизе бокьун гьечӏо,\nГӏодизе бокьун буго –\nГӏумруялъул гьобоялъ\nНамус ххенолеб буго.\nШагӏиралъ ракӏунтун бицана магӏарул жакъасеб шигӏрияб дунялалда ругел накӏкӏ- цӏадалъулъулги хьухьазулги хӏакъалъулъ. Дица гьелда гьарана, лъилниги цӏаралги рехсечӏого, бицейилан абун. Рецц-бакъалде гурони ругьунлъичӏел «шагӏирзабаз», гьури бахъинабиларищха жидеда кӏалъаразда, хасго социалиял гьиназдасан.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, каранлъ гьалдезе ккола рокьи. Керен бухӏичӏого ахӏулеб кочӏол сарин лъугьунаро. Рагӏаби дандрекӏинаризе лъанищ — жив поэт вугин ахӏдолев вуго. Тӏехьги биччалеб буго. Гьединазул гӏемерисел тӏахьал гъалатӏазул цӏуралги рукӏуна. Дир пикруялда гьеб буго цӏалдолезул адаб тей.\nРукӏуна цо-цоязул лъикӏал пикрабиги. Амма лъикӏал пикрабазда ретӏун букӏуна рукъалабазул цӏураб басрияб горде. Гьел кунчӏизаризе ккола рекӏелъ бугеб бакъалъ. Гьеб къалъичӏого хъвараб кочӏол щибго лазат букӏунаро. Цо-цо шагӏирзабазулги кочӏол цо куплеталда букӏуна чанго батӏияб магӏна. Кӏиго мухъилъ цо магӏна, хутӏараб кӏигоялъулъ — тӏубанго батӏияб магӏна. Бищунго квеш ккараб жо буго гьаб цояб рахъги – адабияталъул теорияги гьелъул магӏнаги лъалеб букӏарабани, кечӏалда нур батӏияб букӏинаан.\nГьединазул «бакъалъ» хьухьикье ккезабулеб буго унго-унгояб шигӏру. Амма гьелъул буго гӏажаибаб къуват – гьеб хьухьикьанцин гьимула гьеб цӏалдолезе, цинги гьесул рекӏелъ тӏупунго тӏупун лъола жиндирго берцинлъи. Цо нухалда Ясная Полянаялде Лев Толстоясухъе гьоболлъухъ щун вуго И. С. Тургенев. Дуца щай кечӏ хъваларебилан Толстоясул лъади Софья Андреевналъ гьикъидал, гьес жаваб кьун буго рекӏелъ рокьи гьечӏилан. Рокьи гьечӏеб ракӏалъ кечӏ хъваларилан. Гьанже кечӏ хъвалеб буго гьеб рокьул махӏ чӏвачӏезги -, ян бицана халкъияй шагӏиралъ.\nЗалму Батировалъул шигӏрабазул хӏакъалъулъ бицунги хъванги дун свакаларо. Гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго магӏарулалъул сипаталъул берцинлъи бихьизабулеб шагӏиралъул кочӏодалъун:\nМугӏрул чӏужуялъул гӏумрудул роцен\nГӏищкъуялъ биххулеб си букӏунаро,\nСоролел лугбазул къулгӏадухъа лъим\nРокьул гьорчо щунин, чороклъуларо."}
{"slug": "6538-sagada-rosu-tarikhal-ul-tso-tso-tianchal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6538-sagada-rosu-tarikhal-ul-tso-tso-tianchal", "title": "Сагьада росу: тарихалъул цо-цо тӏанчал", "date": "2019-12-09 12:56:00", "categories": ["rel"], "text": "Сагьада ккола Цӏунтӏа районалъул бищун ахада, Цӏумада районалда гӏагарлъухъ битӏахъе Микьуда ва Тушетиялдасан бачӏунеб кӏиго гӏор Гӏанди гӏурулъе жубалеб бакӏалда тӏадехун бугеб росу.\nМухӏканго чӏезабизе кӏоларо росдае тӏоцебе кьучӏ лъураб заман. Амма чӏванкъотӏун лъалеб жо буго, гьижрияб тарихалда цебе гьениб гӏадамаз гӏумру гьабулеб букӏараблъи. Гьелъие нугӏлъи гьабула ракьулъ ратулел насраниязул диналъе хӏажалъулел гӏемерал тӏагӏелаз. Гьеб гьенибе бачӏун батила Гуржиялдасан, исламалда цебесеб заманалдаго. Гьабсагӏатги Сагьада росу бугеб бакӏалда аскӏоб «Уволъ» килисаялъул кӏалтӏа буго бикӏун гьабураб кӏамуриялъул сипаталъул лъабго метраялдасаги гӏебаб ганчӏил гьецӏо. Цӏунун хутӏун буго гьелъул хӏакъалъулъ гьадинаб биценги.\nСагьада росу букӏана, Надиршагьасул заманалда 1614-1619 соназда Гуржиялдасан Цӏунтӏе гьужумалги гьарун, росаби риххизегӏан, лъабго бакӏалда: Уволъ, Хӏари, Микьуда. Уволъ росу букӏана Цӏумадехун балагьараб Уволъ абураб габурлъиялда, аслияб бетӏербахъи гӏуцӏун букӏана хурухъанлъиялда. Хӏари росу букӏана рекьулел хурзал дагьаб, боцӏухъанлъигун чанахъанлъиялдалъун бетӏербахъулеб. Микьуда росу букӏана сундуего санагӏатаб: росдада сверухъ хурзалги, гьобо сверулеб лъимги, Бехъакь, Жидилъ, Кидира кулабиги, гӏатӏидал рецулел харибакӏалги, росдаде тӏаде балагьун гӏатӏидаб мегӏерги бугеб, цӏорорал иццалги ругеб эркенаб кӏудияб росу. Гьел росаби бакӏ-бакӏалда батӏаго рукӏаниги, букӏана гьезул жамгӏияб цолъи. Садакъа-хайратги цо букӏунаан, рохел-гӏатӏилъи, ургъел бикьи, гӏакълу дандбай цо букӏунаан, ригьин-цӏаги цоцалъ жубараб букӏунаан.\n1614 соналда Ираналъул шагь Гӏабас абулев чияс Гуржия мукӏур гьабун букӏана ва, гьенисан вачӏун, дидоязде (цӏунтӏадериде) щвезабуна кӏудияб кьаби. Амма сверухъ ругел магӏарулазул кумекалдалъун бажарана къажарал нахъе лъутизаризе. Надиршагьасул гьеб гьужумалъул хӏасилалда цӏунтӏадерие камуна гӏемерал сахал гӏолохъаби. Гьесул рагъухъабазул гӏемериселги хутӏана кьалул майданалдаго. Гьелъул рецӏел босизе кӏудияб аскаргун 1619 соналдаги Цӏунтӏе гьужум гьабуна гьес. Гьаб нухалъ рагъ букӏана ращалъи гьечӏеб, цереккарал росаби рухӏулаго, гӏадамал чӏвалаго ва асир гьарулаго, гьел швана Увалъги, Хӏариги ва Микьудеги. Кигӏан дандечӏун рагъаниги, чӏварав чӏван, ворчӏарав ворчӏун, рукъзалги росуги тезе ккана увалъезги хӏарисезги. Цӏакъго кӏудияб кьаби щвана Микьуде: хералги ручаби-лъималги хутӏизегӏан, киналго данде рагъун хвана, кирниги инчӏого, гьелдаса нахъе шагьар гӏадаб букӏараб росдал хутӏана кули гӏадаб жо. Уволъаги Хӏарисаги арал гӏадамаз 8-9 соналъ гӏумру гьабуна цояз Чалияхъ, цогидаз Хъваршини, лъабабилез Хӏамайикьахъ росабалъ. Хадуб дагь-дагькун жидерго ватӏаналде тӏадруссана. Цӏияб росу гьез бана гьабсагӏаталда Сагьада росу бугеб бакӏалда.\nГьелдаса нахъе Сагьада росу букӏана эркенго, лъилниги тӏадецуй гьечӏого. Росулъа гьижра гьабун инчӏо цониги чи, я Турциялде яги цогидаб бакӏалде. Имамзабазул заманалъул рагъазулъ кутакаб жигарчилъи бихьизабуна гӏолохъзабаз. Сагьада-Микьуда росдал 100 гӏанасеб цӏараки бугеб бакӏалда букӏана имамзабазул рагъда шагьидлъарал гӏолохъабазул 60 назарат (зани), гьел ракӏалдещвезе жив-живасул цӏарги, тарихги, шагьидлъараб бакӏги бихьизабураб. Амма жакъа гьелде кьолеб кӏвар дагь буго, гьел риххун, дагьлъулел руго. Шамилил заманалда кидаго гьевгун рукӏана гьесул муридзаби Микьудаса Гӏисагӏалихӏажиги Хирансухӏажиги. Шамил Калугаялде ун хадуб рокъор рукӏарал гьел, Шамил хӏежалде араб соналъ, ахирисеб нухалъги гьевгун дандчӏвазеян абун, хӏежалде ана ва, мурадги тӏубан, нахъги рачӏана. Хирансухӏажияв вукъун вуго Сагьадеги вачун, амма лъалеб гьечӏо гьесул хоб бугеб бакӏ. Гӏисагӏалихӏажияв Микьуда вукъун вуго, гьесул хоб гьабсагӏатги лъалеб буго.\n1854 соналда цӏунтӏадерица Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь кутакаб гьужум гьабуна Кӏахетиялде. Шилда росу бахъун хадуб цӏунтӏадерил гъазизаби кӏанцӏана Цинандали. Гьеб рагъуль гӏахьаллъи гьабуна Сагьада росдал гӏолохъабаз. Сагьдаса Гӏалисултан абурав багьадурас цохӏо жинца кверде босана Чавчавадзел хъизан, чӏужу-лъималгун цадахъ. Нахъруссун рачӏунаго, Цӏунтӏадерил Шагьикь – Гениялъ росулъ дидоязул гъазизабаз жидее кколеб давлаялъул пай тӏалаб гьабидал, хӏажат гьечеб дагӏба-къецӏ ккана. Ахиралда Гениялъа кӏудияв гӏалимчи Хъвархъвариласул хӏукмуялда рекъон, дидояз жидерго давлаялъул пай басана.\n1858 соналда Китӏури ккараб рагъда кутакаб гӏахьаллъи гьабуна сагьадисез. Сагьадиса гӏужихъан (чанахъан) Квацилав абулев чияс гӏужие росулел рукӏана офицерзаби. Гьел рагъазулъ шагьидлъана сагьадисезул цевехъан Квацилав. 1877 соналъул 10 октябралда Цӏихо къварилъухъ шагьидлъана сагьадерил бахӏарзал. Гьезда гьоркьов вукӏана Микьудаса Давудил инсул вац Гӏабдурахӏманги. Давудил эмен Хӏамзат, борхатаб бакӏалдаса гъоркье вортун, бохги гъурун, чода ваччун вачӏун, тӏокӏав къватӏив вахъуларев инвалид лъугьун вуго (гьаб хабар бицунеб букӏана нижер кӏудияв эмен 100 сонил ригьалде вахарав 1960 соналда хварав Давудица).\n1917 соналда пача тӏаса рехун хадуб, Сагьада росдал жамагӏаталъ, дандечӏей гьечӏого, къабул гьабун буго цӏияб хӏурият, рохьахъ хъачагълъиялде цониги чиги ун гьечӏо, гьелъ батила СССРалъул заманаялда росулъа цониги чи ккун гьечӏо репрессиялде. Гьижра гьабун росулъа Турциялде къватӏире аралги гьечӏо.\nГитлерил фашизмалде дандеги сагьадисез жидерго бутӏа лъуна, жидеего бокьун гӏарзаги хъван, рагъде аразда гьоркьор руго: Идрисов Ангута, Давудов Гӏабдурахӏман. Рагъулъ гӏахьалъи гьабуна Микьудаса Гъазиев Мухӏамадица (Мирза), Хӏамзаев Мусалав. Къасум абурав, сельсоветалъул секретарлъун хӏалтӏулев вукӏарав, сагьадисев армиялде унел Цӏунтӏа районалъул гӏемерал призывникалгун, Гуржиялдехун ине, Кодор габурлъиялда гӏансиялъ гъанкъарал 42-язда гьоркьов вукӏана. Гьеб бакӏалда 1942 соналда цо минуталда хвана, тӏаде тушман кӏанцӏидал, ватӏан цӏунизе унел цӏунтӏадерил бищунго сахал гӏолохъаби.\n1944 соналъ Чачаналде гочинаридал ниж рукӏана «Тавзани» Сагьада, Микьуда, Силди, Гьакъо росаби цадахъ. Гьениб гьава-бакъ рекъечӏого, гочинабураб 100 гӏанасеб цӏаракиялъун бащдал хвана, бакъул унти ккун. Цебе магӏарухъго гӏадинго гӏараб гӏелму малъи гьоркьоб къотӏизе течӏо Сагьадаса Хӏамзатил Гӏалица. 1958 соналда гьениса гочинегӏан, Аллагьас гьелъие кинабгӏаги квалквалги биччачӏо. Дир эменги, хадубккун жиндаса гӏемерал мутагӏилзабазе баркат бахарав Сагьадаса Хӏамзатов Мухӏамадрасул, вукӏана Чачаналдаго Хӏамзатил Гӏалица гӏелмуялъе кьучӏ лъураздасан. Сагьадаса Гӏалилги вукӏана лъикӏав лъай бугев вас (гӏалимчи) Хӏамзат.\n1958 соналда Чачаналдасан нахъвуссун хадуб, гьев рещтӏана жиндирго росдал гӏадамалгун Хасавюрталъул Муцалаул советалда бачӏараб цӏияб росу базе бакӏ кьураб Сагьада поселокалда. Гьеб заманалда гьенир рахъана машгьурал мутагӏилзабиги гӏалимзабиги. Масала, Метрадаса Гӏабдулгӏазиз, гьесулго эмен Хӏусен; Алмахъалда дибирлъун вукӏарав Абусупянил Расул, гьединго гьебго мухъалда дибирлъун вукӏарав кӏудияв Хӏасан, Шодродаса Мухӏамадамин, Эчедаса Идрис, Махӏачхъала шагьаралъул Малыгинил къотӏноб бугеб мажгиталъул имамлъун хӏалтӏарав, Цӏунтӏа районалъул имамлъун вукӏарав Къурбанов Мухӏмад, гьабсагӏат Хасавюрт районалъул Муцалаулалъул Цӏияб Сагьада поселокалда вугев Сагьадаса Хӏамзатов Мухӏмадрасул, Хасавюрт районалъул Кокрекалда вукӏарав Хӏасанил Мухӏамад, Къарланюрт станциялда вукӏарав Рилъиса Хӏамзат, Силдиса Амирхӏамза ва гьесулго эмен, 20 соналъ Гъизляр шагьаралъул мажгиталъулги имамлъун вукӏарав Дибиров Мухӏамад.\nСветияб цӏалиялъул рахъалъги Сагьада росу нахъе ккараб гьечӏо. 1920 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб буго цин байбихьул, хадуб микьгосонилаб, хадубги гьоркьохъеб школа. Буго росулъ медпункт, клуб, библиотека. Бахъун буго росулъе машинадул нух. Гӏезегӏан руго районалдаги район тун къватӏирги жавабиял хъулухъазда хӏалтӏулел росдал гӏолохъабиги, ниж гьездаса рохаралги руго. Аллагьас гьезиеги тавпикъ кьеги, росдал жамагӏаталъулги жидее тарбия кьуразулги божилъиги ритӏухъ гьабун, ракьалда ритӏухълъиги цӏунун, церехун ине!"}
{"slug": "6539-khaslikh-e-g-utibutsa-tiamakh-rekhula-ditsani-rekhichio-rokul-kh-abarcha", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6539-khaslikh-e-g-utibutsa-tiamakh-rekhula-ditsani-rekhichio-rokul-kh-abarcha", "title": "Хаслихъе гъутӏбуца тӏамах рехула, дицани рехичӏо рокьул хъабарча…", "date": "2019-12-09 13:26:17", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Гьедин хъвана Дагъистаналъул политикияв ва жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадаризе гьунар бугев Ахӏмадпаша Зиявудиновас. Гьал къоязда гьесул тӏубалаан 71 сон.\nГьесул гӏагараб Казбек районалда гьал къоязда тӏобитӏана Ахӏмадпаша ракӏалде щвезавиялъул районалъул захӏматчагӏазул ва поэтасул гьудул-гьалмагълъиялъул данделъи. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна А. Зиявудиновгун цадахъ цӏаларал батӏи-батӏиял районаздаса рачӏарал гьалмагъзабаз, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас. Гьеб дандчӏвай гьабиялъе багьаналъун ккана дагьаб цебегӏан гьесда цадахъ университеталда цӏаларав З. Ильясовас данде бакӏарараб гьесул кучӏдузул «Тӏанхал гъуна хаслихъе» абураб тӏехь къватӏибе бачӏин.\nДанделъи рагьулаго, районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаевас кӏудияб къимат кьуна Ахӏмадпашаца, районалда батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулаго, гьарурал лъикӏал ишазе, захӏматчагӏазе, гӏолеб гӏелалъе патриотикияб тарбия кьеялъулъ гьабураб хӏалтӏуе.\nЗикрулагьица ракӏалде щвезаруна республикаялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда хӏалтӏулаго, Ахӏмадпашаца республикаялда рахьдал мацӏал лъазариялде кьолеб букӏараб кӏваралъул, гьесул гӏаданлъиялъул ва гьунаралъул.\nАхӏмадпашал асаразул бицунаго А. Муртазагӏалиевас кӏвар бусинабуна магӏарул адабияталда гьес кколеб бакӏалде, лирикияб тема рагьизе, магӏарул чӏужугӏаданалъул сипатал рихьизаризе авторас хӏалтӏизарулел камилал къагӏидабазде.\nДанделъиялда гьединго кӏалъана районалъул депутатазул собраниялъул председатель Гирисхан Гирисханов, Гумбет районалъул Данухъ росдал школалъул директор Мухӏамад Гӏалиев, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул редактор Мухтар Чупалаев, краевед Апанди Дадаев, Буртунай школалъул завуч Загьраъ Гӏалиева, росуцояв Нигӏматула Имашов, Хасавюрт шагьаралъул бетӏер Зайнудин Охъмазов.\nАхӏмадпаша Зиявудиновасул кучӏдул цӏалана Буртунай росдал школалъул цӏалдохъан Хӏусейнов Жамалдиница."}
{"slug": "6550-uchetalda-vugo-12-azargo-chi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6550-uchetalda-vugo-12-azargo-chi", "title": "Учеталда вуго 12 азарго чи", "date": "2019-12-10 13:19:37", "categories": ["med"], "text": "Дагъистаналъул урологияб централда гӏадамал сах гьаризе тӏадегӏанаб даражаялъул специалисталго гӏадин буго гьанжезаманалъул тӏалабазда рекъонкколеб тӏагӏел-алатги. Щибаб анкьалъ республикаялъул батӏи-батӏиял районазда гьеб рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьизе къватӏире рахъуна Дибирдада Хӏажиевас нухмалъи гьабулеб централъул хӏалтӏухъаби.\nУнтарал росула учеталде ва гьел сах гьаризе рачуна тахшагьаралде. Хӏатта, Россиялъул бищунго церетӏурал урологазулгун тӏоритӏула цӏакъго унтразул бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва гьезие лъураб диагнозалъул хӏакъалъулъ бицарал видеоконференциялцин. Унтарал сах гьарулелъул хӏисабалде росула гьезул малъа-хъваял.\nГьал къояздаги республикаялъул урологияб централъул тохтурзабаз видеоялдасан бухьен гьабуна Москваялъул специалисталгун. Гьаб нухалъ гьоркьоб лъуна 37 сон барай ургьисалаби (почкаби) унтун рехсараб сахлъи цӏуниялъул идараялде ячӏарай гӏадалъул диагнозалда тӏасан суал. ДРялъул урологияб централъул тохтурзабаз бихьизабун бугоан гьелъие операция гьабизе кколин. Москваялъул махщелчагӏиги нилъер тохтурзабаз къотӏараб хӏукмуялда тӏадрекъана. Больницаялда вегун вугев чанго унтарасул бицана видеоконференциялда. Палхӏасил, нилъер тохтурзабаз ва хӏалбихьи бугел Москваялъул специалистаз унтаразе лъурал диагнозал данде ккана.\nДРялъул урологияб централъул бетӏерав тохтур Дибирдада Пайзулаевас нижее бицана Лопаткинил цӏаралда бугеб НИИялъгун цадахъ рекъон Дагъистаналда гӏумруялде бахъинабулеб бугеб программаялъулги.\n«Гьелда рекъон урологияб централъул хӏалтӏухъаби щола батӏи-батӏиял районазде, росабалъе ва бакӏазда ругел гӏадамазулгун гьарула гара-чӏвариял, цӏехола чорхол сахлъиялъул хӏал. Палхӏасил, тӏатинарула унтарал. Захӏматаб хӏалалда ругезе гьабула хехаб кумек. Цогидалин абуни рикьун къокъабаздегун, гьезул ахӏвал-хӏалалъухъги балагьун гьарула сах. Гьедин жакъа къоялъ нижеца учеталде восун вуго 12 азарго чи», — ян бицана Дибирдада Пайзулаевас."}
{"slug": "6552-tsiiyab-tsol-i-giutsiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6552-tsiiyab-tsol-i-giutsiana", "title": "Цӏияб цолъи гӏуцӏана", "date": "2019-12-10 13:32:47", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб ополченцазул данделъи тӏобитӏиялъе аслияб гӏилла букӏана «1999 соналъул ополченцазул ветераназул союз» абураб Дагъистаналъул регионалияб жамгӏияб цолъи гӏуцӏи ва гьелъул нухмалъулел идараби тӏасарищи. Цӏияб цолъиялъул учредителаллъун ккола Гӏумахан Гӏумахановги, Гӏарапат Къурбановаги, Мухӏамадхӏажи Гъалбацӏдибировги.\nОтставкаялда вугев полициялъул полковник, «Бихьинчилъиялъул орденалъе» кӏицӏул мустахӏикълъарав Гӏумахан Гӏумахановас гьадин бицана цӏияб цолъи гӏуцӏиялъе ккарал гӏиллабазул хӏакъалъулъ:\n— РФялъул президентасул «Ополчениялъул ветеранасул хӏакъалъулъ» абураб указ къватӏибе бачӏинелдего, цо-цоязухъа бажарана жалги ополченцал ругин абураб гьересияб удостоверение босун. Нилъеда киназдаго, ай хӏакъикъиял лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазда, цӏакъ лъикӏ лъала, кинаб багьа кьезе ккарабали. Гӏандадерил габурлъиялдаса ине къасд гьабурал хъачагъазул къокъабазе нух къалеб мехалда. Ватӏаналъул гӏорхъи цӏунулаго, гьенив къурбанлъана анкьго дагъистанияв.\nМех-мехалда рицунел рагӏула чачан халкъалъул рахъалъ рекъечӏел харбал. Дица ракӏчӏун лъазабулеб буго: чачан халкъалъ гуро рижизарурал Басаевалгун Масхадовалги, Удуговалгун Дудаевалги ва Хаттабалги. Гьел куцана дора, нилъер улкаялъул гӏорхъи тун къватӏир. Нижеда доб заманалда мухӏканго лъалаан, Ведено районалъул Даргъосан гӏандадерил ракьалдехун хъачагъазул къокъа бачӏине бугеблъи. Гьел баянал нижехъе щвезаруна чачаназ. Нижеда лъала, хъачагъазе нух къаялъул мурадалда, Харачӏоялдаса руччабиги лъималги нухда регун чӏараблъиги. Нилъеца гьелъухъ баркала кьезе ккола гьезие. Гьелде тӏадеги, дол соназда Чачаналъул муфтиясул хъулухъалда вукӏарав Ахӏмад-хӏажи Къадировасги Дагъистаналъул халкъазда гьарана тӏасалъугьаян абун. Халкъазул вацлъи цӏуниялъе гӏоло гӏумруги кьуна гьес, — ян.\nХасавюрт районалъул Аксаялдаса Гъасулбег Мухӏамадовасул пикруялда рекъон, цӏияб жамгӏияб цолъи лъугьине ккола халкъал гъункизарулеб идаралъун.\n— Нилъер хӏаракаталъул аслулъун лъугьине ккола гӏолеб гӏелалъе тарбия кьей, гьелъулъ ватӏаналде рокьи куцай. Гьединаб ишалъе мисаллъун рукӏине ккола ополченцал, — ан абураб гьесул пикруялда тӏадрекъана Гъизляралдаса Ахӏмадпаша Амирилаевги.\n«1999 соналда Болъихъе вачӏун вукӏана министр Сергей Степашин. Гьес улкаялъул нухмалъулесда лъазабуна, Дагъистан нилъер кодоса анин абун. Степашиние гӏадин, хехго кверал эхеде рорхизе ва бокьараб ккагиян абун чӏезе ихтияр букӏинчӏо нижер. Гӏагараб магӏарухълъиялде тӏаде щун букӏана захӏматаб къо. Гьебмехалда тӏолабго халкъ бахъана ватӏан цӏунизе», — янги бицун, дол соназул лъугьа-бахъинал ракӏалдещвезаруна гӏалим Гӏумар Абулайсовас.\n— Гумбет районалъул ракьалде хъачагъал лъугьинчӏо. Нижин абуни, 150 чи гъорлъ вугеб къокъаги гӏуцӏун, гӏандадерида хьолбохъ эхетана. Гьеб букӏана магӏарул росабалъа гӏадамал чед-хинкӏалда хадуб росу тун рахъараб заман. Ватӏаналде щвараб балагьалъул хӏакъалъулъ хабар рагӏарабго, киналго тӏадруссана Дагъистаналде ва ватӏан цӏунизе рахъана, — ян бицана Гумбет районалъул Цӏиликь росулъа Мухӏамад Гӏабдулмуслимовас.\nДанделъиялъул ахиралда рищана цолъиялъул нухмалъулел. «1999 соналъул ополченцазул ветеранал» абураб ДРООялъул президентлъун вищана Гӏумахан Гӏумаханов, вице-президенталлъун – Гӏарапат Къурбановаги Ахӏмадпаша Амирилаевги, Попечителазул советалъул председательлъун – Гъасулбег Мухӏамадов."}
{"slug": "6611-k-ismatgi-giumrugi-kechigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6611-k-ismatgi-giumrugi-kechigi", "title": "Къисматги, гӏумруги, кечӏги", "date": "2019-12-16 19:18:08", "categories": ["kultur"], "text": "Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз гӏуцӏаралдаса тӏубана 85 сон\nГьале жакъаги дун памятниказухъ\nНус-нус соназул тарих бугеб Дагъистаналъул адабият. Гьелъул буго хасаб улка – адабияталъул улка. Гьеб улкаялъул хважаинзабилъун кколел шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул цолъи гӏуцӏаралдаса исана тӏубана 85 сон.\nГьеб улкаялда, зобалаздеги цӏабуцӏун, машгьурлъиялъул тӏогьазда, бахӏарчилъиялъул байрахъги парпазабулаго, чӏухӏадго эхетун буго 85 мегӏер. Щибалъул – жиндирго къисаги, къисматги, цӏарги.\nГьанибго – магӏарул адабияталъул мегӏерги. Гьелъул каранда жакъаги кенчӏелел руго даимлъиялде роржун арал Хӏамзатилги, Махӏмудилги, Инхоса Гӏалихӏажиясулги, Чӏанкӏалги, Расулилги, Фазулги, Гӏабасиласулги, Заид Хӏажиевасулги ва цогидалги магӏарул шагӏирзабазулгун хъвадарухъабазул цӏарал.\nАдабияталъул гучал мугӏрузул байрам кӏодо гьабулеб къоялъ цӏакъго бокьана магӏарул шагӏирзабазухъе «щвезе», гьезие цоги нухалда ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе.\nБайбихьана Фазудасан. Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда аскӏоб бугеб паркалда Фазул памятникалъухъе гӏедегӏулей йиго дун — жакъа гьей гьаюраб хасалил къоялъ.\nХасало гьаюрай гьелъ жиндирго кочӏолаб гъасда танщинаб хинлъи!\nЙокьулей шагӏиралъе рачӏарал тӏугьдузул махӏалъухъе йорчӏун ячӏарай гьелъул гьаракьалъ цӏидасанги рикӏкӏунеб бугин кколеб букӏана…\n«Мугӏрузул законал»…\nГьезие даим ритӏухъайлъун хутӏарай шагӏиралъулгун къо-лъикӏги гьабун, дун щвана гьебго майданалда, гьитӏинабго ахикь вугев Цӏадаса Хӏамзатихъеги. Цо хӏайранаб лахӏзаталъ гӏенеккана гьесухъ.\nГӏакъилав херасул сатириялъги, юмаралъги, « Гӏумруялъул дарсазги» каранда ракӏгицин кьурдизабуна.\nВа гьале дун магӏарул адабияталъул гучаб мегӏералъул гучаб тӏогьалъул сонги, жакъаги, метерги вугев Хӏамзатил Расулил памятникалда цее. Гӏаданлъиялъ тӏадегӏанлъарав, тӏадегӏанлъиялъ гӏадатлъарав, гӏадатлъиялъ кӏодолъарав, кӏодолъиялъ гьитӏинлъарав, гьитӏинлъиялъ машгьурлъарав шагӏирас цӏидасанги гьикъулеб бугин ккола Ватӏаналда:\n— Бице, эбел – Ватӏан, бице Дагъистан, Мустӏахъикъав вугищ дун дур цӏаралъе, — йилан.\nВуго, шагӏир, вуго. Бищунго борхатаб мегӏералъул тӏогьиб дуца парпазабураб магӏарул адабияталъул байрахъ тӏадегӏанлъиялдаги къадруялдаги цӏунун буго Мухӏамад Ахӏмадовас, Залму Батировалъ, Мухӏамад Патахӏовас, Тӏубхӏат Зургьаловалъ, Гӏайшат Малачиевалъ, Сабигат ва Залму Мухӏамадоваз, Баху-Меседо Расуловалъ, Манарша Гӏисаевалъ, Мухӏамад Хӏамзаевас, Хӏамзат Гӏизудиновас ва цогидалги магӏарул ва Дагъистаналъул рагӏул устарзабаз. Зодихъ гвангъун бугеб дур кӏудияб цӏваялда сверухъ ракӏарун ругел гьезул цӏваязги цӏикизабун буго адабияталъул дунял.\nДур шигӏрабазул океаналъул чӏахӏиял карачелабазул кӏудиял ва мустахӏикъал тӏирабилъун ругел гьезул, харда ккараб роол щубалъ гӏадин, рацӏцӏад гьарулел руго цӏалдолезул ракӏалги пикрабиги.\nКъадруяб байрамалъул хӏурматалда\nВа цӏидасанги дун нахъюссана. Поэзиялъул театралде. Гьениб кӏодо гьабулеб букӏана хъвадарухъабазул цолъиялъул байрам.\nДагъистаналъул цӏалдолезда адабияталъул байрам баркизе рачӏун рукӏана Россиялъул регионаздаса ва шагьараздаса хъвадарухъабигун шагӏирзаби. Гьединго тадбиралда гӏахьаллъана республикаялъул хъвадарухъабиги, шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, журналисталги ва миллияб маданият бокьулел дагъистаниял.\nТадбир рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас.\nГьес ракӏалдащвезаруна союзалъул тӏоцересел галаби, бицана гьелъие нухмалъи гьабурал шагӏирзабазул хӏакъалъулъ.\nДагъистаналъул хъвадарухъабазда байрам баркана ва миллияб адабияталъе тӏадегӏанаб къимат кьуна тадбиралда гӏахьаллъарал Россиялъул регионаздаса гьалбадерица.\nГьезул къимат тасдикъ ва ритӏухъ гьабуна гьаб рохелалъги – Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз рикӏкӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзазда гьоркьоб бищунго лъикӏаблъун.\nРитӏухълъиялъул хъаравуллъуда\nУнго-унгояв шагӏирасул рагӏи кидаго гӏужилаб чӏорлъун речӏчӏулаан ритӏухълъи гьечӏолъиялдаги, рокьукълъиялдаги, хӏалихьалъиялдаги, яхӏ-намус билараздаги. Гьеб жакъаги буго гьедин. Унго-унгояв шагӏир, хъвадарухъан даимго ритӏухъавлъун хутӏула жинцаго тӏасабищараб заз-хъарахъалъулъги, тӏегь-хералъулги цӏураб нухалъе. Гьев хӏинкъуларо гӏумруялъул бураназукъа, къуркьуларо къисматалъе, къоларо хӏалихьалъиялдаса.\nГьединаб нух тӏасабищарал хъвадарухъабаздаги шагӏирзабаздаги нижецаги баркула союзалъ нахъа тараб кӏудияб тарих. Биччанте гьезул рагӏул гӏужилаб чӏор жакъаги хутӏизе хӏалихьалъиялда речӏчӏулеб бакӏаб гьорчолъун."}
{"slug": "6612-pikrabazul-tsiumur-zvarg-eleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6612-pikrabazul-tsiumur-zvarg-eleb-bugo", "title": "Пикрабазул цӏумур зваргъелеб буго", "date": "2019-12-16 19:54:06", "categories": ["kultur"], "text": "Мун, хъущтӏун аниги, гӏодоб ккун гьечӏо,\nГӏедегӏе, Дагъистан, тӏаде борхизе.\nДагьаб тараниги, тӏагъур бортичӏо\nЧӏухӏун балагье мун дуниялалъухъ.\nЗалму Батирова («Дагъистан»)\nАраб анкьалда Поэзиялъул театралда Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батирова дандчӏвана жиндирго цӏалдолелгун. Шагӏиралъул шигӏрабазул кӏудияб цӏадухъе ракӏарун рукӏана магӏарул адабият бокьулелги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, къаламцоялги.\nГьеб цӏаялъул бищунго канал хӏенхӏаллъун шагӏиралъе рукӏана ва руго жиндирго цӏалдолел.\nШагӏиралъ цӏалдолезе цӏалана цӏиял шигӏраби, бицана жиндирго адабияб дунялалда зваргъелеб бугеб пикрабазул цӏурмил сариназул.\nТӏоцебесеб иргаялда, магӏарулаз лъай-хъвай гьабуна гьелъул тӏахьазул выставкаялъулгун.\nГьалеха цӏалдолезда цебе – шагӏиралъул шигӏрабазул гъамас. Гьенир цокӏалго сокӏкӏун руго магӏарулазул ракӏал асир гьарурал саринал. Жакъаги шагӏиралъ гьурщизе руго шигӏрабазул хулжал.\nТадбир рагьана ва нухда бачана ИЯЛИялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьес бицана шагӏиралъул махщелчилъиялъул, къватӏире риччарал тӏахьазул хӏакъалъулъ. Шагӏиралъ цӏалана жиндирго кучӏдул, гара-чӏварана цӏалдолелгун.\nЗалму Батировалъул кучӏдул цӏалана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас, тележурналист Хатимат Мухӏамадовалъ, Магӏарул театралъул гӏолохъанав актер Мухӏамад Дудуевас ва ДРялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Гӏабдулатӏиповас, Ленинкенталъул №35 школалъул цӏалдохъабаз.\nШагӏиралъе музыкалияб салам кьуна ва гьелъул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Дагъистаналъул халкъиял артистал Тӏагьир Къурачевас, Абакар Гӏумархӏажиевас, Гӏабдула Мухӏамадмирзаевас, Хадижат Жамалудиновалъ.\nЦӏидасанги магӏарул адабияталъул гъасда пархана цӏияб цӏа. Гьеб батила шагӏиралъул рекӏел цӏа. Гьеб цӏадулъ къаламги ччун хъварал шагӏиралъул кучӏдулгун цадахъ ругел релъи-магӏуялъги, рохел-пашманлъиялъги, бухӏиялъги, рухӏелалъги, угьиялъги, ахӏиялъги магӏарулазул пикрабазул цӏумур цӏидасанги зваргъезабуна гьеб сордоялъ.\nБиччанте Залму Батировалъул асарал магӏарулазул ракӏазулъе гьоцӏолъун тӏинкӏизе рокьиги ритӏухълъиги.\nПикрабаца цӏумур бухулеб буго,\nЧӏаголъи лъугӏараб лъикӏлъи борчӏизе.\nУргъалица гӏакӏа ахӏулеб буго,\nУргъел гьечӏелщинал ригьинаризе."}
{"slug": "6613-magiarulal-kidanigi-rukiinchio-tsiukiabil-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6613-magiarulal-kidanigi-rukiinchio-tsiukiabil-un", "title": "Магӏарулал киданиги рукӏинчӏо цӏукӏабилъун", "date": "2019-12-16 19:58:16", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1999 соналъул август-сентябралда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазул ракӏалдещвеял\nКиданиги ракӏалдаса инаро 1999 соналъул август моцӏ. Гьебмехалда ккарал лъугьа-бахъиназги гьезда дагъистанияз гьабураб гӏахьаллъиялъги цоги нухалда загьир гьабуна нилъер цолъигун гъунки. Гьедин букӏана 1741 соналдаги, Надир-шагьасул аскарал щущахъ риххизарураб мехалдаги.\nХвалил бадивеги балагьун\nГӏумахан Гӏумаханов гьавуна Ансалтӏа росулъ. Армиялда вуссиндал кӏиго соналъ хӏалтӏана колхозалда. Амма анищлъун букӏана милициялъул хӏалтӏи. Ахирги гьеб анищ тӏубана ва гьев лъугьана Махӏачхъалаялъул Ленинский РОВДялде. Гьеб букӏана 1979 сон. Ракӏбацӏцӏадго хъулухъги тӏубалаго, Гӏумаханица нахъа тана мухъилав милиционерасдаса полковникасде щвезегӏан болъаби. 2012 соналда гьев ана отставкаялде. «Милиция ккола халкъалъул матӏу – гьеб пикру дие кидаго букӏана аслияблъун. Дун хӏалтӏана уголовнияб розыскалда – гьеб иш дие цӏакъ бокьулаан», — ян абуна гьес.\n1998 соналъул октябралда Гӏумахан витӏана Хасавюрт шагьаралъул милициялъул отделалъе нухмалъи гьабизе. Гьенире гочун рукӏана магӏарухъа гьесул эбел Халунчакарги вацал-яцалги. Рахӏатхвараллъун рукӏаниги, хӏалтӏул къоял унаан шагьаралда гӏадлу-низам гьабулаго. «Жамгӏияб низам цӏуниялъухъ» абураб медалалъеги мустахӏикълъана гьев «махӏачхъалаялъулаб» абураб рэкетиразул къокъа ккуралъухъ. Гьезухъа бахъана 12 туманкӏ ва туснахъ гьавуна микьгояв.\nРакӏалдаса унареблъун хутӏана Болъихъ районалда лъабго чи чӏварав такъсирчи кквеялъул хӏужаги. «Такъсирчи вахчун вукӏана Рикӏкӏвани. Милициялъул къокъаялде данде кьвагьдана гьев. Гьебмехалда гьесулгун гара-чӏвари гьабизе ана дунго. Жаниве лъугьана – нижеда гьоркьоб букӏана 3-4 метр. Амма гара-чӏварулаго, гьевги тохлъизавун, гьесухъа ярагъ бахъун бажарана дихъа», — ян ракӏалдещвезабуна полковникас.\nБукӏана гьадинаб лъугьа-бахъинги. Махӏачхъалаялда хӏалтӏул къоги лъугӏун, рокъове унев вукӏана Гӏумаханов. Машина толаан минаялдаса рикӏкӏад. Лъелго унев вукӏана гьев. Цо заманалдаса бахъана къваридабго къотӏносан рекерун рачӏарал гӏадамазул ахӏи: автобусалъул остановкаялда цо чи вугила киналго кьвагьизаризе ругин абун, хӏинкъи кьолев.\nГӏумахан (гьесда тӏадретӏун букӏинчӏо милиционерасул форма) ана гьеб рахъалде. Чӏезабуна юк баччулеб машина ва, лъалхъизабичӏого, дол гӏадамазда аскӏосан бачеян абуна шоферасда. Такъсирчиясде гӏагарлъидал, хехго кӏанцӏана гьесде тӏаде ва кодоса бахъана граната…\nБахӏарчилъигун къохӏехьей магӏаруласе хасиятаб букӏин загьир гьабуна Гӏумахан Гӏумахановас 1996 соналъул январалда Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъулелъулги. Хъачагъазул бетӏерлъуда вукӏарав Радуевасулгун гара-чӏвари гьабизе ана гьев. Гьенибе битӏизе бакӏарулеб букӏана хасаб къокъа, амма Гӏумаханица абуна жив ине вугин абун. Цӏакъ захӏматал гара-чӏвариял рукӏана гьел, амма гьелъул хӏасилалда хъачагъаз ихтияр кьуна руччабиги лъималги эркен гьаризе. Гьеб бахӏарчияб ишалъухъ Гӏумахание кьолеб букӏана Бихьинчилъиялъул кӏиабилебги орден, амма гьес инкар гьабуна.\nИнсул мина цӏадулъ бугеб мехалда\nЦӏумадегун Болъихъе хъачагъаз гьужум гьабунин абураб хабар бачӏараб мехалда, Гӏумахан хъизангун ва эбелгун цадахъ хӏухьбахъулев вукӏана Железноводскиялда. Ватӏаналде къо ккараб заманалда рахчун рукӏун ругьунал гьечӏелъулха магӏарул игитал. Эбелалдаги хъизаналдаги абуна Краснодаралде унев вугилан ва сапар бухьана гӏагараб Рикӏванибе.\nГьеб букӏана 1999 соналъул августалъул къоял. Гӏандадерил ракьалдасан Дагъистан квегъизе рачӏине хиял гьабуна 1996 соналда Первомайское росдал гӏадамал асирлъуде росун рукӏарал хъачагъаз.\n«Дун тӏаде щвелалде Гӏанди, Гъагъалъ, Рикӏвани, Гӏашали, Гьунхъа ва Зило росабазул жамагӏаталги данделъун, хӏукму гьабун батана: цониги чи гӏорхъи бахун виччаларо, хӏажалъани яргъидалъун жаваб кьела гӏагараб ракьалда хӏетӏе чӏезе хиял лъурал хъачагъазеян абун. Гьез гьабураб гьеб хӏукму битӏун буго Муни, Чанхъо ва Кванхидалъ росабазул жамагӏатаздеги. Гӏандадерил росабазул жамагӏатаз дида гьарулеб букӏинчӏо – дихъа тӏалаб гьабулеб букӏана, жидер къокъаялъе нухмалъи гьабеян абун», — ан бицана Гӏумаханица.\nПолковник Гӏумахан Гӏумахановас тӏоцебесеб къоялъго гӏуцӏана гӏандадерил росабазул ополченцазул цогояб штаб, хӏисабалде босана гӏадамазулгун яргъил сурсаталъул къадар ва гӏуцӏана ротабигун взводал. Болъихъ районалъул щуго росдал вакилзабазда гьоркьоса тӏасарищун, тӏамуна гьел къокъабазул нухмалъулелги – хӏалбихьигун бажари хӏисабалдеги босун. Сордо-къоялда жаниб ополченцазгун росабазул жамагӏатаз хӏадурана гӏагараб ракь тушманасдаса цӏунизе санагӏатал бакӏал. Гьезул гӏаммаб халалъи бахана 30 километралде – Хӏарами габурлъиялдаса Цӏоболгохӏде щвезегӏан.\nГӏандадерил ракьалде гали бегьилалде хъачагъазда ракӏалде ккана гара-чӏвариял гьаризе. Гьезул хьул букӏун батила, габурлъи бахунеб мехалда, жидее кинабгӏаги квалквал гьабиларин гара-чӏвариял гьаруни ва церехун ине жидее рагьараб нухги букӏинин абун.\n— Дида гьеб къо, 1999 соналъул 11 август, жакъа гӏадин ракӏалда буго. Кӏочонаро, щайгурелъул къалъудаса хадуб гьеб къоялъ бакъ ккун букӏана. Гӏандадерил ополченцазул цолъараб штабалъул хӏукмуялда рекъон, Ширвани Басаевасулгунги гьесул къайицадахъазулгунги гара-чӏвари гьабизе тӏадкъана мунагьал чураяв Арзулум Илясовасдаги дидаги. Дандчӏвай букӏана Гъагъалъ-Даргъоялда гьоркьоб бугеб Оншитӏлигъун абураб бакӏалда. Хъачагъазул рахъалдаса рачӏана Шамил Басаевасул вац Ширваниги (нижеда абуна гьев Шамилил кваранаб квер кколин абун), Бекӏханги (гьесул фамилия рехсечӏо) ва Радуевасул вакил Хункерпаша Исрапиловги. Гьезда нахъа эхетун рукӏана яргъид гӏуцӏарал хъачагъалги. Гьезулгун ккана лъикӏаб гуреб хабарги.\nГьел гара-чӏвариял ракӏалдещвезарулаго, гьадин бицана Тиловур Хӏайбулаевас:\n— Ниж рачӏунел руго Дагъистаналъул ракьалде бацӏцӏадаб динги босун, ва нужее лъикӏаб букӏина, ниж гӏандадерил кӏкӏалахъан эркенго эхере риччани. Ниж нужеда хъваларо, — ян ракӏчӏун кӏалъазе байбихьана Ширвани.\n— Нижеда малъаризе ккани, нужехъе ислам киса бачӏараб? — ан суал кьуна нижеца гьезие.\nАмма Ширваница абуна: «Гьале гьал мугӏрулги рахун, Махӏачхъала кодобе босила ва доба – Каспий ралъад. Букӏина нилъерго Кавказалъул вилаят», — ан.\nГьелъие нижеца гьабуна гьадинаб жаваб:\n— Чан километр бугеб Грозныялдаса Махӏачхъалаялде? А гьенисан – битӏараб нухдасан, нуж гьедигӏан бахӏарчиял рагъухъаби ратаниха. Нужецайин абуни, балагьулеб буго бигьаяб нух. Амма гьелъул жо кколаро. Нужее лъикӏаб буго парахат рокъоре тӏадруссани, — ян.\nГьебмехалдаги тӏасаричӏичӏо гьел. «Кье нижее Мунире, кӏудияб кьоде щвезегӏан бугониги нух! Нужер «беженцалги» разиго къабул гьарила Веденоялда. Киналго шартӏалги гӏуцӏила», — ян нич бахъун кӏалъана Ширвани.\n— Дуда кида ва киб рагӏараб гӏандал лъутанин абун? Хиянатчагӏилъунги рукӏинчӏо ниж киданиги, — ян жаваб кьуна дица гьесие.\nГьебмехалда Ширвани тӏаде вахъана ва гьес дида абуна: «Нужеца ополченцал нахъе рачинчӏони, дун ине вуго нужер бутӏрулги мерхьунаго», — ян.\nДицаги гьесда гьадин абуна:\n— Цин лъазабе гӏандадерил тарих, хадуб – нужерго, чачаназул. Гьеб тарихалда цониги бакӏалда дуда хъван батани, гӏандадерил ракьалдасан тушман анин абун, мунги вахина гьал мугӏруздаса, — ян.\nВа ниж цоцалъ речӏчӏана, амма ратӏа гьаруна.\nГьеле гьединал гара-чӏвариял рукӏана чачаназул хъачагъазулгун. Гӏасрабаз ракълилабгун вацлъиялъулаб гӏумру букӏана гьал мугӏрузда гӏандадерилги чачаназулги. Гьалбаллъун рукӏана. Цоцазухъе гьоболлъухъе хьвадулаан, къо ккедал, гьоболас гьоболасе кумек гьабулаан. Ма, гьанже ваккана гьаниве цо вахьна, щивали лъаларев Ширвани Басаев, жиндирго «бацӏцӏадаб исламги» босун, ва чӏухӏдарулаго, лъазабулеб буго нижер бутӏрулги мерхьунаго ине вугила живилан абун. Гӏандидисесе яхӏ-намус гӏумруялдасаги хирияб букӏин лъалеб гьечӏоан гьесда.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "6614-tiotsebeseb-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6614-tiotsebeseb-dandchivaj", "title": "Тӏоцебесеб дандчӏвай", "date": "2019-12-16 20:27:43", "categories": ["lit"], "text": "13 декабрь – Сидрат Мажидова гьаюраб къо\nГьеб букӏана 1972 сон. Доб мехалда дица гӏумру гьабулеб букӏана Шамхал посёлокалда. Шамхалалде гӏемер бачӏунаан Авар театр. Занкӏун цӏун букӏунаан Культураялъул рукъалъул зал театралъухъ ралагьизе рачӏарал шамхалалъулаз ва мадугьалихъ бугеб Богатыревка росдал гӏадамаз.\nДоб сордоялъ Шамхалалде рачӏун рукӏана РСФСРалъул халкъияй артистка Сидрат Мажидова гъорлъ йигеб къокъаялъул артистал. Гӏадат букӏана спектакль лъугӏун хадуб артистал лъица букӏаниги кваназе, хӏухьбахъизе рокъоре гьоболлъухъ рачунеб. Гьелин абуни, цо-цо мехалда разилъулаан, цо-цо нухалда гӏедегӏун ругилан, унаан.\nШамхалалда гӏумру гьабун гъол соназ вукӏана Салтӏаса, мунагьал чураяв, Камил ва гьесул хъизан-лъимал. Цӏакъ кечӏ-бакъан хирияв чи вукӏана гьев. Гьес, течӏого рокъоре рачана артистал. Камил лъикӏав гьудул-гьалмагъ вукӏиналъ, дунги ккана гьениве.\nКамилил лъади Асиятица лъикӏаб гьоболлъиги гьабуна артистазе. Ва кванан хадуб киназего бокьана Сидратица кечӏ ахӏизе. Амма гьеб къокъаялда цадахъ Сидратие пандур хъвалев чи вукӏинчӏо.\n— Хъарамухӏамадил гъове векереха, Камил, гьесул гъоба пандур буго, гьесги Гӏабдулвахӏидицаги кигӏанги лъикӏ гурищ пандуралда бакънал рачунел, — ан абуна Асиятица росасда.\nКамил ун хадуб Асиятица бицана Хъарамухӏамад вугин Гьарадирихъа Шамхалалда гӏумру гьабун чӏарав, Махӏачхъалаялда институталда хӏалтӏулев гӏелмабазул кандидат, Гӏабдулвахӏидги, росулъ микьго классги лъугӏизабун, тӏасиял классазда цӏализе гьес жиндихъего вачарав, гьесул гьитӏинав вацгӏал вугилан.\nЗаманго иналде, Хъарамухӏамад Махӏачхъалаялдаса жеги вуссун ватичӏилан, цадахъ Гӏабдулвахӏидги вачун, пандурги къвалакь ккун, вачӏана Камил. Хадуб, гьабги-гьабги бакъан бачун бажарилищан Сидратица цо-цо сверел кочӏол ахӏун бахъиналде, гӏолиласул килщал пандрида расандана ва Сидратица ахӏулел кучӏдузул хӏасратал бакънал рокъор роржанхъана. Киназго гӏажаиблъи гьабуна, жеги ичӏабилеб классалда цӏалулев гьитӏинав гӏолиласул пандрида бакънал рачине бугеб махщалида.\n– Гьале нилъее Хъахӏав Мухтар хисизе чи, — ян махсара гьабуна артистаз Гӏабдулвахӏидие, Махӏачхъалаялде щведал, гьоболлъухъ щвечӏого вукӏунгеянги гьарана гьез гьесда.\nХъахӏав Мухтарин абуни вукӏун вуго жинцаго кечӏги ахӏулев, Сидратица ахӏулел кучӏдузде данде пандурги хъвалев Лъагӏилухъа Мухтар Сайгидхӏусенов.\nУнкъо кечӏ ахӏана Сидратица доб сордоялъ нижее, Гӏабдулвахӏидица пандурги хъван. Бищунго нижеца гӏажаиблъи гьабураб жо — къойил Сидратида аскӏорги рукӏунел, гьелъул кучӏдулги гӏемер рагӏулел театралъул артистазе, нижее, къанагӏат радиоялдасан гурони гьел рагӏуларездаса цӏикӏкӏараб асар гьабулеб бугоан гьелъул кучӏдуз. Гьедин махщалида пандур хъвалев чияс дуца кечӏги ахӏулеб батилилан тӏаделъана Гӏабдулвахӏидиде артистал, амма ахӏизе гьаракьги махщелги гьечӏилан, гӏолилас инкар гьабуна.\n…Кӏикъогогӏан сон ана гьеб дандчӏваялдаса хадуб. Аскӏосан йихьичӏониги, сценаялдасан гӏемер йихьулаан гьей. Гӏабдулвахӏидилгун, Шамхалалда 10 классги лъугӏун гьев аралдаса, дандчӏвай ккун букӏинчӏо, амма ракӏалда чӏун вукӏана. Дунгоги чанго соналдасан Шамхалалдаса нахъе гочана.\n2013 соналъ «Гьудуллъиялъул рукъалъул» фойеялда тӏобитӏулеб «Прессаялъул балалде» ккана дун. Нуцӏихъа жаниве лъугьаравго, берречӏчӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бокӏоналда данделъарал Гӏали Камаловасдаги, газеталъул цогидал хӏалтӏухъабаздаги. Гьенирго ругоан нилъер машгьурал музыканталги, театралъул артисталги. Нуцӏихъехун мугъги кьун чӏарав чигун гара-чӏварулей йигоан Сидратги. Аскӏове щведал лъана гьев Гӏбдулвахӏид вукӏин. Гьесда дунги лъана. Сидратида дун ракӏалда ватичӏо. Дида ракӏалдещвана доб Шамхалалда ккараб хабарги, Гӏабдулвахӏидги театралияб яги музыкалияб нухда хӏалтӏулев ватилин пикру гьабуна. Амма гьев политикаялде гъорлъе жуван вугоан.\nГьес лъугӏизабуна тӏадегӏанаб партиялъулаб школа, СССР биххизегӏан хӏалтӏана комсомолалъул гӏуцӏабазда, КПССалъул Гъизилюрт шагьаралъул комитеталда, гьабсагӏатги хилиплъун гьечӏо партиялъе ва хӏалтӏул вуго КПРФалъул Гъизилюрт шагьаралъул комитеталъул тӏоцевесев секретарлъун ва шагьаралъул муниципалияб газеталъул бетӏерав редакторлъун.\nГьайбатаб лъугьа-бахъин гӏадин ракӏалда букӏана дида тӏоцебе Сидрат йихьараб, гьелъул кечӏги аскӏосан рагӏараб, Шамхалалда ккараб дандчӏвай. Гьеб цӏилъана кӏиабилеб нухалда гьейги Гӏабдулвахӏидги рихьидал.\nГьеб ракӏалдещвеялъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталде хъвазе пикру ккана дир, мунагьал чураяй Сидрат Мажидовалъул гьаюраб къоги тӏаде щун букӏун.\nДица абилаан, гьелъул росдал школалъе, Хунзахъ Культураялъул кӏалгӏаялъе кьезе мустахӏикъаб букӏинин гьелъул цӏарилан. Махӏачхъалаялдаги бегьилаан даим гьабизе гӏумруялъго лъималазул ролал хӏарай ва халкъалъул рекӏелъ лъимерлъун хутӏарай Сидратил цӏар. Масала, щай бегьилареб гьеб кьезе цониги ясли-ахалъе? Нилъеца къимат гьабичӏони нилъерго адабияталъулги, маданияталъулги, тарихалъулги, цогидаз гьабиладай?\nРакӏалде ккола, гьаб пикруялъул рахъкквелин театралъул коллективалъги, республикаялъул культураялъул министерствоялъги, Хунзахъ районалъул администрациялъги."}
{"slug": "6615-budalagiazul-shchajtiabazul-va-chanakh-abazul-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6615-budalagiazul-shchajtiabazul-va-chanakh-abazul-khiak-al-ul", "title": "Будалаазул, щайтӏабазул ва чанахъабазул хӏакъалъулъ", "date": "2019-12-16 20:32:00", "categories": ["kultur"], "text": "«Балъгояб даптар» тӏехьалдаса\n— Щайтӏабацагун будалааз лъимал рачун иналъул харбал дида гьитӏинаб мехалдаго рагӏун рукӏана. Дир кӏодоца бицунаан цо гъоркьнусесда Маала раса абураб магӏарда ватун вугила цо гӏажаибав, нилъер лъималаздаса батӏияв вас, — ин байбихьана ункъачоца.\n— Сундулъ букӏараб гьесул батӏалъи?\n— Живго гьев вас вукӏунха батӏияв, нилъер лъималазда релълъарав гурев. Гьесда тӏад букӏун буго чундузул цӏаказдаса гьабураб ретӏел, бетӏералда харил гьабураб тӏагъур, кодобин абуни жеги тӏасан рас гъенон бахъичӏеб керчаб ритӏучӏил лълъаралдаса гьабураб тӏил, мугъзада махил гъотӏол макъаралдаса гьабураб таргьа.\n— Мун щив? Лъил вас кколев мун? — ин гьикъун буго гъоркьнусес гьеб сверухъ анцӏ-анцӏ верстаз я росу, я кули-мархьу гьечӏеб, дуниялалдаса тӏураб бакӏалда ватарав гӏажаибав васасда. Гьес бацӏцӏадаб чӏурмутӏалъул лугъаталда абун буго:\n— Дун вуго Цӏодорил Ибрагьимил вас… Дир эбел хун йиго дун гьавураб мехалда, эмен дун гьавилелдего хун вуго, дун будалагӏаца жидехъего вачун вуго… Вугоха мугӏрузда ва парсазда бисалги, ритӏучӏалги цӏунизе тун. Дун ана гьанже… — янги абун битӏараб бакӏалдаса уневгӏанги бигьаго цо парсазухъ эхеде ун вуго гьев вас. Хадув валагьарав гъоркьнусевги тун накӏкӏазукье тӏерхьун вуго.\nГъоркьнусев квешго хӏинкъун вуго гьеб сураталдаса. Хӏалихъего щун вуго рехъенгун гӏиял къавуде ва квешго унтизавун вуго, черхалда сири бан, цин квачан, цин хӏалуцун. Гьесул берда цевеса унев вукӏинчӏо гьадав гӏажаибав васги, кьураби, хъинсал, тӏад гӏодобнакӏкӏ лъураб дунялалдаса тӏурал, рикӏкӏадал мугӏурул ва гъулдул. Кӏочонеб букӏинчӏо гьев васасул тамашаяб, бичӏчӏизе захӏматаб гьимиги, «Дун Цӏодорил Ибрагьимил вас… Ц!одорил Ибрагьим…Цӏодорил Ибрагьим!!!» абураб жо багъулеб букӏана гӏаданиб. Жеги ас гӏажаиблъи гьабуна гьеб гӏажаибал, кибниги рагӏичӏеб Цӏодор абураб некӏсияб, ислам бачӏинелде букӏараб, кибниги рагӏичӏеб цӏаралда.\nХадусеб къоялъул бакъанида гьав хисизе вачӏарав херав вехьасул рахӏат хвана гъоркьнусев вихьараб сагӏаталъго. Ва гьес вачӏинахъего абуна:\n— Щиб ккараб дуй? Мун лъалеб хӏал гьечӏо гьурмахъ балагьун??? Гъоркьнусес гӏодове виччан бицана жинда бихьарабщиналъул ва гьев гӏажаибав васасул.\n— Цӏодорил Ибрагьимилая? — янги абун тӏилица ракьги бухъун, пикраххун гӏодове валагьун чӏана херав вехь.\n— Щай мун вуцӏцӏун чӏарав? — ин тӏаделъана гьесдаса цо кинаб бугониги баян щвезе бокьарав гъоркьнусев.\n— Дида кӏудияздаса рагӏун букӏана гьитӏинаб мехалда цо Цӏодорил Ибрагьим абурав некӏсияв чиясул бицунеб. Дица гьеб маргьу гӏадин къабул гьабулаан. Гьелдаса нахъе киданиги гьеб цӏар рагӏунцин букӏинчӏо, — ян ургъалилъе ккарас гӏадин гъванща хъасана херас. Бихьулеб букӏана гьес жинда гьитӏинго рагӏараб къиса ракӏалде щвезабулеб бугеблъи ва гӏодове виччан байбихьана харбиде:\n— Гъоркьнуб росулъ вукӏун вуго Цӏодор абун цӏарги бугев цо цӏакъ гӏужилав чанахъан. Цохӏо вас гурони тӏокӏал лъималги рукӏун гьечӏо. Васасдаги цӏар Ибрагьим букӏанин бицунаан. Хабар букӏун буго Чӏурмутӏалда, чанавеян къватӏив вахъун, киданиги чӏового, жо чӏвачӏого Цӏодор рокъове вуссун гьечӏин абун. Битӏахъе хӏанчӏил бадиб гулла речӏчӏулев гӏужилав чанахъан вукӏун вуго гьев. Рукъ букӏун буго гьесул бечедаб, хъизан гьитӏинаб, цагърал цӏун бугӏаги, чӏалда мохмохгун чанил гьаналъ цӏурал рагъиялги ругев, рес рекъараб яшавалда вугев чи вукӏун вуго Цӏодор. Амма кигӏан гӏемер гьеб бугониги чанаве ин толеб букӏун гьечӏо. Цо динияв чияс абун рагӏула гьесда дуе кколелдаса цӏикӏкӏунги Бетӏергьанас ризкъиги кьун буго, хьихьун бажарилареб гӏадаб хъизанги гьечӏо, гӏей гьабе гьел чундул чӏваялда. Гьелдаса дуда цо баракат гьечӏолъи бихьизе гурин. Цӏодорица херасул гӏакълу гӏадахъ босун гьечӏо ва гӏамал кӏодого реххун буго: «Аллагьас дие кьун цӏодораб берги, гӏужилаб кверги дие къварагӏарабгӏан чан гьабизе» ян.\nПашманлъун вуго херав чи гьесул пахруяб жавабалъухъги гӏенеккун. Гьесда бичӏчӏулеб букӏана гьеб гӏурхъичӏвай гьабунгутӏиялъ цо баракат гьечӏолъиялде вачуневлъи.\n— Кӏинав Цӏодорха гьев вукӏунев гьединаб ахӏмакълъи букӏун батани, — ян гьикъула гъоркьнусес гьоркьоб хабарги къотӏизабун херав вехьасда.\n— Гьеб Цӏодор абураб цӏар гьесие чанахъанлъиялъе бугеб лебаллъиялъухъ кьурабин кколеб буго дида. Гӏемер цӏодорав вукӏун гьечӏо гьев балагьараб мехалда. Цо гӏазул гъал бараб квачараб хасалил къоялъ чанаве вахъуна Цӏодор. Парсаздаса унеб чӏедераб сухъмахънухда гӏазуца бахчараб цӏер халлъичӏого гӏодовги ккун, гьениса гъоркье кӏкӏалахъеги реххун хола гьев. Росуцояз бакъаниде вукъула гьев хабзалалъ ва киназго цо кӏалдиса гӏадин абулеб букӏун буго гьадаб херас гьабураб бадибчӏвай гьалъие букӏун бугин. Гӏенеккичӏо Цӏодор кӏудиясул гӏакълуялъухъ абун. Гьесул вас Ибрагьим гӏола кӏудияв. Гьевги уна гьадабго инсул нухдаса. Бихьун чан толарев чанахъан вахъуна гьесулги. Гьесдаги абун буго ригь арал чагӏаца гьеб пишаялъ къор гъунин дур инсуеги, дагьаб гӏорхъичӏвай гьабе чанахъанлъиялъе абун. Гьесда рагӏулеб букӏун гьечӏо кӏудиязул гьаракь. Гӏужда речӏчӏизе бугеб гьунаралъги, цоял цояздаса берцинал ас чӏвалел бисазги тӏубанго икъбалалъ мехтун ва беццлъун вукӏун вуго Цӏодорил Ибрагьим. Цо хасалихълъиялъул бакъ щолеб сагӏаталъ жиндирго юргъачу кьололев вукӏун вуго Цӏодорил Ибрагьим иргадулаб чанаве сапар бухьине. Гьесда мажгитул кӏалтӏа дандчӏвала гьасул инсуеги бадибчӏвай гьабурав гьадавго хъахӏаб магжилав.\n— Жакъа рузман къо бугоха, Ибрагьим, — ин абула херас.\n— Батани метер щамат бачӏине батилаха, — ян херасдехун рагӏиги реххун, тӏерхьун уна Ибрагьим къваридаб къотӏноса росу тун къватӏибе унеб нух ккун.\nНекӏсияб Чӏурмутӏалъул биценазда рекъон, рузман къоялъ киналго чундул хьихьулел рагӏула мугӏрузда ругел нилъер беразда рихьуларел будалааца. Гьез цӏунулел рагӏула чундул тӏабигӏаталъул квешлъабаздаса ва чанахъанасул хъантӏараб бералдаса. Киналго хутӏарал къоязда чанахъанлъи гьабуниги, рузман къоялъ гьеб гьаби кинго бегьизабуларо. Гьеб буго хасаб къо. Гьеб къоялъ чундул цӏунун будалаазул ясал рукӏунин абиги буго. Рузман къоялъ чаниде ишан босарав, чӏварав чиясе баракат гьечӏолъи, цо балагь ккечӏого хутӏуларин абураб жоги гӏасрабаца букӏана халкъалда гьоркьоб. Щаялиго рузман къоялъ ун вуго Цӏодорил Ибрагьим чанаве. Цо квешал парсал ругеб магӏардаса битӏахъе борохь гӏадин хъурщун ваккула гьев цебехун бугеб кӏкӏалахъе. Битӏахъе гамачӏ речӏчӏизе кӏолеб манзилалда цебе тӏегь кваналеб мугӏрул бис батула гьасда. Цояб бис букӏуна кӏудияб, квегӏаб лълъаралъул бегӏерлъиги тӏаса бекараб. Кьурабалъа, парсахъа рахъулаго кьабун бегӏерлъи бекула гьезул цо-цо мехалда. Цогидаб букӏуна жеги гьитӏинаб, гӏолохъанаб бис. Ибрагьимил хъантӏараб бералъ битӏахъе цебесеб ратӏаялда босула ишан — гулла рекӏеда щолеб хӏалалъ. Бахъула кьвагьи. Сверухъ ругел кьурабаца цоцахъеги реххун кӏкӏалал тӏинда бугеб гӏарцул лъаралда жанибе тӏерхьун уна тункӏил гьаракь.\nГьитӏинаб бис кӏанцӏун цо парсида рещтӏуна ва щобде нахъе тӏерхьун уна. Кӏудияб бисалъ биччан уна гьабугьинан ракьалде бетӏер ва хадуб лълъурдузул бакӏлъиялъ цӏараб гӏадин чанго саженалъул борхалъудаса гъоркье бортун уна. Туманкӏул кӏкӏуй Ибрагьимида тӏаса босарабго бахъун бачӏчӏуна цо квешаб, ракӏ гъанцӏизабулеб гӏадаб чӏужугӏаданалъул гьаракь ва хадубго гӏоди, гьеб гьаркьица кӏкӏалал ва щобал цӏола битӏахъе. Ибрагьим хӏинкъиялъул кутакалъ дагьаб жо хутӏана хъуштӏун жинца гъоркье тӏамураб бисалда хадув кӏкӏалалъе вортизе. Гьев хвасар гьавуна кьурда жаниса баккараб цо цӏцӏвин хъарахъалъ, гьелда ххурхун кьурда черхги цун, цӏоро-гъорон хутӏана гьев лахӏзаталъ. Амма дой гӏодулел чӏужуялъул гьаракь къотӏулеб букӏинчӏо ва гьелъ битӏахъе чӏорал гӏадин чӏурмутӏалъул лугъаталда реххизе байбихьана хьандолел рагӏаби: «Гуч бекараб тӏаму кӏва рукъиб щвезигӏан тараб гӏумру батлугуяс» (Лълъар бекараб ана гъоркье тӏамун рокъове щвезегӏан гурони гӏумру батугеяс).\nИбрагьим гьеб гьаркьица чара хун битӏахъе кьурдехун рекӏарав чи гӏадин хутӏана. Хадув дагь-дагь ккун хӏалихъего чӏедераб сухъмахъккун гъоркье, битӏараб бакӏалде рещтӏана. Хӏинкъиялъ жинца чӏвараб бисги кӏочана гьесда, хехго чодеги вахун, лъутӏана рокъове. Рокъове щварабго гьев чӏаго хутӏана битӏун гьаб хабар росуцоязе бицинегӏан. Гьабги бицун бакъанида цӏар лъезе лъалареб унтуца цин квачан, цин хинлъун, черхалда гъар-гъар бан сородулаго босана гьесул рухӏ.\nЦӏодорил Ибрагьим къанщараб заман букӏун буго кватӏараб хасалихълъи. Гьесул кинабго боцӏи букӏун буго хасел тӏамизе херги бецун Сугърухъ абураб колохъ тун. Лъимаде йигей Цӏодорил Ибрагьимил чӏужуги уней йикӏун йиго гьение гӏачиязе хъулухъ гьабизе. Цо нухалда гьей Сугърухъе щвараб сордо кӏудияб гӏазуги бан росдадасаги, хутӏараб дунялалдасаги тӏун колохъ хутӏун йиго гьей чӏужу. Бицуна гьелда хадур Сугърухъе гъоркьнусел араб мехалда ятун йиго хварай Ибрагьимил чӏужуги, чӏобогояб киниги — янги абун, жиндирго рехъада аскӏове ун вуго херав. Гӏолохъанав вехь, гьес бицараб хабаралъ ва жинда бихьаралъ кверде восарав, гьалгъан пикрабалъ хутӏун вуго гӏурдада вегун ва цӏвабазаца гвангъизабураб зодовеги валагьун.\n***\n— Гьеле дида рагӏараб жо. Щиб гьениб букӏараб, щиб букӏинчӏеб гӏицӏго Аллагьасда лъала, — ян квер хьвагӏана ункъачоца гъоркьнусезул щайтӏабазул, будалагӏазул ва чанахъабазул къисаги бицунаго."}
{"slug": "6627-nekisiyab-shura-ganzheseb-bujnaksk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6627-nekisiyab-shura-ganzheseb-bujnaksk", "title": "Некӏсияб Шура – гьанжесеб Буйнакск", "date": "2019-12-18 09:09:18", "categories": ["obshestvo"], "text": "(Сапаралдаса хъвай-хъвагӏаял)\nГӏисинккун гӏазуги балеб, лъикӏаланго цӏоройги бугеб къоялъул бакъанида щвана ниж Буйнакск шагьаралде.\nСапаралъул кӏиго мурадги букӏана — шагьаралъул къо кӏодо гьабиялъулгун «Комфортная городская среда» абураб программаялда рекъон бараб фонтан рагьиялъул рохалилал тадбиразда гӏахьаллъи гьаби ва шагьаралъул бетӏерасулгун дандчӏвай тӏобитӏи.\nГьава-бакъалъул согӏал шар-тӏазухъ балагьичӏого, гӏемераб халкъ бакӏарун бугоан шагьара-лъул аслияб майданалде.\nАваданаб чӏиргъи-хъуялъ кодоб босун бугоан тӏолабго сверухълъи. Рахъ-рахъалда чӏван ругоан Дагъистаналъул тӏоцебесеб тахшагьар Темир-Хан-Шураялъул, ай гьанжесеб Буйнакскалъул гӏумрудул, гӏемерсоназулаб тарихалъул хӏа-къалъулъ бицунел батӏи-батӏиял тӏагӏелаздалъун, хӏалтӏул алатаздалъун, суратаздалъун ва экспонатаздалъун бечед гьарурал чадирал.\nЛъим гӏадин гӏагараб шагьара-лъул тарих лъалей ва бицуней цо берцинай гӏаданалъги кьолеб букӏана ракӏазе хинлъи.\nКинаб чадиралде аскӏоре аниги, адабалда, рохалида ва рекӏелъ цо гьуинлъигун къабул гьарулел рукӏана буйнакскиялъулаз хӏукуматалъул вакил, коррупциялъул тушман Гӏалибег Гӏалиевги гӏадатияв журналист — дунги. Ахирисеб чадир бищунго бокьана нижее, щай абуни гьеб букӏиндал кванил батӏи-батӏиял нигӏматаз цӏун. Гӏемераб заманалъ хӏалбихьичӏеб мугьалдаса байбихьун, хӏанчӏил рахь хутӏизегӏан, бокьараб нигӏмат букӏана гьениб.\nГъираялдакиналготӏагӏамазул хӏалги бихьун, гьаругьинан рачӏана шагьаралъул чӏухӏилъун лъугьине рес бугеб фонтаналде аскӏоре.\nЛъабго берцинаб хъабаялда жаниса чвахунги бачӏун, хадуб аза-азар тӏирабаздеги сверун эхеде гьаваялде унеб бугоан лъим. Кутакаб асар гьабуна, жинда тӏад чанго миллионги хвезабун гӏуцӏараб, жиб рагӏабаздалъун бицинеги борцинеги рес гьечӏеб, гьайбатаб, берцинаб проекталъ.\nГьале бищунго рохалилаб лахӏзат — гьитӏичаз къотӏана фонтан рагьиялъул чӏоло.\nБайбихьана ихтилат-кеп, кечӏ-бакъан. Киса-кибго букӏана байрамалъулаб ахӏвал-хӏал, хӏеренаб калам, кутакаб чӏаголъи.\nХадуб цо чӏурканаб кафеялда кӏодо гьабуна гӏемерал моцӏаз гьабураб кӏудияб хӏалтӏи.\nГьенив камурав чиги чиновниказул вукӏинчӏо — Дагъистаналъул бетӏерасул полпред Гӏабидин Хъарчигъаевасдаса байбихьун шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул гӏолохъанай начальникалде щвезегӏан.\nМагӏнаял кӏалъаял, ракӏ-ракӏалъулал баркиял, берцинаб гӏодорчӏей. Бахиллъана дун гьеб сордоялъ Буйнакскиялъул чиновниказул гъункиялда, цоцадехун бугеб адабалда.\nГӏагараб шагьаралъул гьайбатаб букӏинеселъухъ ракӏунтун ва гъираялда бицунеб букӏана хабар лъарагӏасги, магӏаруласги, даргиясги, лезгиясги, тумасги, нугъаясги, гӏурусасги.\nГьаниб цолъун буго тӏубараб Дагъистан, лъицаго гьикъулеб гьечӏо лъилго миллат, мацӏ, цӏар.\nГьал киналго руго некӏсияб Шура шагьаралъул тарихги лъалел, гьанжесеб Буйнакск цебетӏезабизе гъираги бугел, гьелъул гӏумруялъулъ жидерго лъалкӏги тезе бокьарал гӏадамал.\nГьанир, тӏул бикьарав кӏиго вац гӏадин, аскӏор гӏодор чӏун руго шагьаралъул ва районалъул бутӏрул. Гьезда сверухъ буго гъункараб, захӏмалъабазда цебе бетӏер къулулареб, къуватаб команда.\nГьаб шагьаралда ана иманги, гӏадлуги, гӏаданлъиги бугев инсан, машгьурав спортсмен, Лъаратӏа районалдаса магӏарулав Исламудин Нургьудаевасул лъимерлъи ва гӏолохъанлъи.\nАхирал соназда Махӏачхъалаялда рахӏатаб гӏумру гьабулев вукӏарав Исламудинида гьудул-гьалмагъзабаз, гӏемерал лъале-хъвалез гьарана гӏагараб шагьаралде тӏадвуссаян ва гьелъие нухмалъи гьабеян. Исламудин вуссана, гьесда гӏадамаз божилъи гьабуна шагьаралъулги жидергоги къисмат. Ва мекъи ккечӏо халкъ…\n— Хӏарщул цӏураб, хӏалалъ гӏадамал тӏасан хьвадулеб, дунгоги гӏемер хьвадараб лъимерлъиялъул нухде хъил тӏезе рагӏи кьун букӏана дица диего, — ян бицунеб буго И. Нургьудаевас данделъаразда. — Аллагьасулги, нужерги, хӏукуматалъулги кумекалдалъун дида кӏвана гьеб къватӏалъул тӏубанго сурат хисизабизе. Жакъа гьенисан рохалида хьвадулел дир яцаз ракӏ-ракӏалъ, къвалги бан, дие баркала кьола. Гьелдаса кӏудияб рохелги шапакъатги щибха букӏинеб чиясе?!\nГьединги абун, шагьарцоязда байрамги баркун, гьезие икъбалги, рекъелги, рокъоб баракатги гьарун, лълъар борхана Исламудин Нургьудаевас.\nГӏемерал лъикӏа-лъикӏал пикрабиги къасдалги руго гӏолохъанав мэрасул.\nСпорталдаго гӏадин, политикиябгун жамгӏияб гӏумруялъулъги бергьенлъаби росизе ва цӏи-цӏиял гӏорхъаби рахине хиялгун цеве унев вуго гьев.\nНух битӏаги дуе, магӏарул яхӏ бугев бихьинчи!"}
{"slug": "6628-giemerazdagi-l-alareb-l-alezgi-zhegi-techieb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6628-giemerazdagi-l-alareb-l-alezgi-zhegi-techieb", "title": "Гӏемераздаги лъалареб, лъалезги жеги течӏеб", "date": "2019-12-18 13:54:36", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Мухӏамад ва Юсуп Султӏановал\n7 декабралда Махӏачхъалаялда (Пушкинил къватӏ) тӏобитӏараб росдал магӏишаталъул ярмаркаялда гӏахьаллъана 200-гӏанасеб СПКязул, КФХязул, ЛПХязул, росдал магӏишаталъул нигӏматал къачӏалел предприятиязул вакилзаби.\nЯрмаркаялда гӏахьаллъи гьабуразда гьоркьор рукӏана гӏиял хӏан гьабулелги, форель ччугӏа гӏезабулелги. Масала, «Джурмут-I» СПК. Ччугӏил магӏишаталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Гӏумаровасулгун, гӏиял хӏан гьабулел Мухӏамадилгун ва гьесул вас Юсуп Султӏановазулгун гьабуна къокъабго гара-чӏвариги.\nМухӏамад Гӏумаров\n— Мухӏамад, форель тайпаялъул ччугӏа гӏезабизе байбихьиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Цебе нижер букӏана ункъо росдае (Белъелда, Гъерел, Гӏулгьеб, Гъоркьнуб) гӏахьалаб, Ленинил цӏаралда букӏараб колхоз. Заманалда рекъон гьеб сверана «Джурмут-I» СПКялде ва гьениб хӏалтӏиги гӏуцӏун буго умумуздасан щвараб махшалида рекъон. Салда росулъ буго хасалоцин цӏер къалареб лъар. Гьениса лъимги бачун гӏуцӏана форель гӏезабулеб комплекс.\nЛъабабилеб сезон буго нижеца гьеб гӏезабизе байбихьаралдаса. Лъагӏалида жаниб гӏезабула гӏага-шагарго 300-500 кг ччугӏил. Жакъа гьаб ярмаркаялда нижеца гьеб бичула килограммалъухъ 410 гъурущ хӏисаб гьабун, ай базаралда бугелдаса 30 проценталъ учузго.\n— Магӏарухъ форель гӏезаби пайдаяб хӏалтӏи бугищ?\n— Гьеб буго лъикӏаб хайир щвезе ккани тӏад саламатал харжал гьаризе кколеб хӏалтӏи. Гьаб ишги гьабуларо тавакалав, хӏалтӏи лъалев чияс гурони.\nДагъистаналда гӏемер хутӏун гьечӏо гӏиял хӏан гьабулел магӏишатал ва гӏадамал, амма жидеца цӏунун бугин гьеб ишилан бицана Мухӏамад ва Юсуп Султӏановаз.\n— Гӏи бечӏчӏиги хӏан гьабиги бигьаяб пиша гуро. Тӏаде гӏолеб гӏелалъе бокьулищ гьеб гьабизе?\n— Гьаб пиша тӏасабищулеб батила 10 вехьасда гьоркьоса цояс. Нижер магӏишаталда буго гочинабун хьихьулеб лъабазаргогӏанасеб бечӏчӏулеб гӏиялъажо. Гьел речӏчӏулеб заман ккола июнь-июль моцӏал, лъагӏалида жаниб цо лемагалъ кьола 25 литргӏанасеб рахь. Цо килограмм хӏанил гьабизе ккани хӏажалъула щуго литр рахьдал.\nЯрмаркалда нижеца хӏан бичулеб букӏана 850 гъурщиде килограмм хӏисаб гьабун. Базаразда гьелъул багьа буго 1200 гъурущ.\nПалхӏасил, ярмаркаялде вачӏун вукӏана гӏезегӏан чи ва гьезул щивав разигоги хутӏанин абизе бегьула."}
{"slug": "6629-kiulal-raguleb-talikhiab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6629-kiulal-raguleb-talikhiab-giumru", "title": "«Кӏулалъ» рагьулеб талихӏаб гӏумру", "date": "2019-12-18 14:38:43", "categories": ["med"], "text": "Жакъа къоялда тӏолабго дунялалда ругел гӏадамаз щиб кканиги гӏарз гьабулеб буго жидер депрессия бугилан. Экология хванагӏан, гӏадамазда гьоркьоб бугеб гьуинлъи тӏагӏунеб буго, магӏишаталде хадур рекерулел рукӏиналъ, цоцазде чи регӏулев гьечӏо.\nЩиб кканиги, абулеб буго дир депрессия бугин, стресс бугин. Щиб жоха гьеб кколеб, ва кин гьелдаса цӏунилелали бицана дунялалдаго цӏар рагӏараб методика ургъарав Хасай Гӏалиевичасул вас Ален Хасаевас.\nГьезул цадахъал гӏелмиял хӏалтӏабаздаса пайда босула космонавтаз, захӏматал лъугьа–бахъинал ккедал, полицейскияз ва цойги хехал идарабазул хӏалтӏухъабаз. Гьезул сах гьарулеб къагӏида лъала тӏолабго дунялалда, гьелда цӏарги лъун буго «Кӏул» (ключ) абун. Щибизеха нилъее къваригӏунеб «Кӏул» ва кинал балъголъаби гьелъ рагьулелали бицана гӏалимчияс.\nСтресс кккола нилъер кинабго къаркъала хӏалкъаялда букӏин. Гьединаб заманалда, лъил кинаб унти батаниги, загӏипаб бакӏ унтизе байбихьула. Стресс бугеб заманалда, рокъовги кӏусун, щибго жоги гьабичӏого гӏадан сах гьавун бажаруларо. Гьединав чи кӏалъазе бокьуларого, кидаго къваридго ва ургъалабалъ вукӏуна. Аскӏор ругезеги захӏмат букӏуна унтарав рукӏалиде вачӏинавизе, гьесулгун гьоркьоблъи батизе. Гьединаб хӏал хисизабиялда тӏад хӏалтӏана гӏемерал гӏалимзаби. Гьезда гьоркьосан ккола йога ва цойги батӏи-батӏиял къагӏидаби. Гьединал методикабазул аслияб мурад буго ургъалаби нахъе иналъе кумек гьаби. Гьелдаса хадуб байбихьула нилъер чорхол «механизм» битӏун хӏалтӏизе.\nСтресс, депрессия гъолъе ккезе тани, гормоналияб ахӏвал хӏал хисула. Къаркъалаялъухъа бажаруларо къеркьон, унтарав хвалде вачинеги рес буго гьелъ.\nУнтарав рукӏалиде вачӏинавизе Китаялда хӏалтӏизабула Тай–Цзи цюань (Тайчи) къагӏида. Гьенир киналго хӏухьбахъулел бакӏазда гӏодориччарал упражнениял гьарулел рукӏуна. Германиялда тӏобитӏун буго аутотренинг абулеб стресс сах гьабулеб къагӏида.\nНилъеда лъалеб бищун бусурбабаз сахлъизе хӏалтӏизабулеб лъикӏаб къагӏида буго как- диналде руссин. Как ракӏбацӏцӏадго балезул гӏемер букӏунаро депрессия, стресс. Гӏемерисез какал ралел руго гӏумрудул пикрабаздаги рукӏун, гӏарцул, магӏишаталъул ургъалабаздаги рукӏун. Гьединал сахлъуларо. Как балалде цебе киналго пикрабаздаса ракӏги бетӏерги бацӏцӏад гьабизе ккола. Аллагьасдехун руссинаризе ккола киналго пикраби. Зикру бачунаго хьвагӏдола гӏемерисел, гьеб буго бищунго чи вацӏцӏалъулеб заман. Какил гӏуж буго квешаб хӏалалдасан чиясул ахӏвал хӏал тӏубанго хисулеб заман.\n— Как-диналъги, йогаялъги, Тай-Цзиялъги ва цоги къагӏидабазги дараби гьечӏого гьеб унти сах гьабулеб батани, щайха нилъее къваригӏараб нужеца ургъун бахъараб «Кӏул» абураб методика?\n— Хӏажатаб букӏинчӏебани, дир эменги дунги гьеб къагӏидаялда тӏад чӏелароан. «Кӏул» буго «метод управляемый психофизиологической саморегуляцией». Гьебги ургъана космонавтал хӏадур гьарулеб централда. Гьел ругьун гьарулеб централда цӏакъ хӏажат букӏана хехго психологияб рахъалъ цо хӏалалдаса цойги хӏалалде (гьава гьечӏелъуб ва гьеб бугеб бакӏазде гьезул черх ругьун гьабизе) космонавтал ккезаризе. Гьелдаса хадуб 1987 соналда Лъай кьеялъул министерствоялъ къватӏире риччана гӏелмиял хӏалтӏаби, документалиял фильмал ва гьедин хехго рукӏалиде рачӏунеб къагӏида цӏалдохъабазеги рихьизаруна. Гьенир кьолел руго хехго къаркъалаялъул ва пикрабазул хӏал хисизабизе кӏолел упражнения. Гьел руго бигьаял ва хӏалкъай, стресс иналъе цӏакъ нилъее пайдаял къагӏидаби. Цоги методикабазда дандеккун, гьеб буго бищун хехабги. Гьебги хӏалтӏизабизе бегьула захӏматал ахӏвал-хӏалазде ккедал: хӏалтӏудаги, лифталъув хутӏидалги, къварилъи бихьидалги…\nЖакъа къоялде щвезегӏан къватӏибе бачӏана 20 монография. Гьединал брошюраби къватӏире рачӏана Франция, Англия, Болгария, Чехословакия ва цойги пачалихъабаздаги. Нижер руго киса–кирго гӏемерал цӏалдохъабиги. Нижеца гьел ругьун гьарула гӏадамал сах гьаризе.\n— Дида ракӏалда буго нужер методикиялда рекъон доб заманалъ милициялъул хӏалтӏухъаби ругьун гьарулел рукӏин. Бицунаан кӏудияб залалда жанир киналгоги ракӏарун гьел ругьун гьарунин…\n— Гьел гурелги гӏемерал батӏи-батӏиял учреждениязде ахӏула ниж лекциял цӏализе, стрессалда ругел сах гьаризе. Исана къватӏире рачӏарал 10 – 11 классазул цӏалдохъабазул тӏахьадаги академик Матвеевас кьун буго нижер «Кӏул» методикаялдасан босараб чанго упражнение — синхрогимнастика.\n-Тохтурасухъе ани, азарго дару хъвала унтарасе. Нужер методика хӏалтӏизеги гьабун, даруги гьекъечӏого чи сахлъизе рес бугищ?\n-Депрессия буго стрессалъул хадусеб бутӏа. Апатия, агрессия, стресс, депрессия — гьел киналго руго квешал унтабазул церехъаби. Тохтурасухъе ани гьесда тӏадаб буго дараби хъвазе, гьезин абуни кванирукъ букӏа, ракӏ букӏа ва цоги лугби унтизарула. Гьединлъидал лъикӏаб буго дараби хӏалтӏизаричӏого, нижер упражнениялги гьарун, хехаб къагӏидаялъ гьеб хӏалалдасан рорчӏизе хӏаракат бихъизе. Гьаб буго дарабиги гьечӏого, гӏадан сах гьабулеб бищун лъикӏаб къагӏида.\n— Гьеб методика хӏалтӏизабизе бегьуларел унтарал ругищ?\n— Космонавтаздасан байбихьун, цӏалдохъабазде щвезегӏан, гьелда тӏадеги къварилъи ккун стрессовый ситуациялде ккаразеги цӏакъ пайдаял руго гьал къагӏидаби. Хасго гьанже гьел методикаби хӏалтӏизаризе байбихьун буго нилъер спортсменаз. Гӏадамазда церерахъиналдеги, къеркьеялда цебеги, хехго рукӏалиде рачӏине хьулгун хӏалтӏизабула гьезги гьаб къагӏида.\nБатӏияб мацӏ лъазабулезги бигьаго рагӏаби ракӏалда чӏезаризелъун, ва гъваридго бахчун ругел гӏадамазул хасал гьунарал тӏатинаризелъунги хӏалтӏизабула нижер методика. Цӏалдохъабазе дарсал ракӏалда чӏезариялъеги хӏалтӏизабула гьеб. Жакъа къолде щвезегӏан, кумек гьабизе бегьуларел чагӏи нижеда дандчӏвачӏо.\n— Нужер кумек хӏажалъарал ккани, кин нужер центр балагьизе бегьулеб?\n— Нижер чанго офис буго Махӏачхъалаялда ва Москва шагьаралда. Гьелъ рес буго гьаб телефоналдеги кӏалъан: 91 48 64 , нужедаго аскӏоб бугеб бакӏ бищизе."}
{"slug": "6630-giumar-giumarov-dob-mekhalda-nizheda-chivank-otiun-l-alaan-tushman-shchiv-gudul-shchivali", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6630-giumar-giumarov-dob-mekhalda-nizheda-chivank-otiun-l-alaan-tushman-shchiv-gudul-shchivali", "title": "Гӏумар Гӏумаров: «Доб мехалда нижеда чӏванкъотӏун лъалаан тушман щив, гьудул щивали»", "date": "2019-12-18 14:46:46", "categories": ["ikhtiyaral-tsiuni"], "text": "Цеве ДРялда УФСИНалъул нухмалъиялда вукӏарав Муслим Даххаев туснахъ гьавуна дагьалъ цеве Ростовалда.\nГьелдаса хадур жанир лъуна Ростовалде цогидаб хъулухъалде витӏизегӏан Махӏачхъалаялда гьесда цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал гӏадамалги (кинавниги 11 чи, гьезда гьоркьоса лъабгоял рукъалъул туснахъалда руго).\nГьанжегӏагар гьезухъе щвана Гӏумар Гӏумаров. Гьев ккола гӏумруялъ гьебго системаялда хӏалтӏулевги вукӏун гьанже ДРялъул Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб ОНКялъул нухмалъулев. Туснахъазда лъурал, полициялъул отделазде рачун гӏакъуба кьурал гӏадамазда хадуб халккола гьеб комиссиялъ.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялда гьадинаб хабар ккана Гӏумар Гӏумаровасулгун нижер.\n— СИЗОялда ругел УФСИНалъул хӏалтӏухъабазул щивав тӏамун вуго цо-цо чи вукӏунеб камераялъув. Лъугьа-бахъунеб жо лъазе я газетал гуро гьенир, советияб заманалдаго рукӏарал басриял тӏахьал гурони. Я сагӏат гуро, какил гӏужниги лъазе. Телевизоралги риччалел гьечӏо гьенире, холодильникалги гьечӏо. СИЗОялъул складалда абуни лъебергониги телевизор буго бегун. Тӏасахун кьураб буюрухъ рагӏула гьединаб. Щибниги биччагеян. Гьединал шартӏаздеги ккезарун гьел мукӏур гьаризе къваригӏун рагӏула гӏайибалъе. Амма 2006 соналда къабул гьабураб хӏукмуялда рекъон, инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ Европаялъул судалъ гьединал хӏужаби рикӏкӏуна чиясе гӏакъуба кьейлъун.\nУлкаялъул законалда рекъонги кьезе ккола гьезие телевизоралги, холодильникалги, цогидабги. Щайгурелъул гӏайибиял ругилан жеги хӏукму къотӏун гьечӏелъул гьезие. Щиб лъалеб, метерисеб къоялъ ритӏухъ гьаризеги рес буго гьел. Гьеб мехалда щибилан доз закон цӏунулезда абизе кколеб?\nВаллагь, дицани абуна гьединал тӏадкъаял кьолел прокуратураялъулги цӏех-рехалъул комитеталъулги хӏалтӏухъаби гьанир жанир тӏамураб мехалда гьезиеги гӏуцӏейин гьединал шартӏал.\n— Телевизоралги холодильникалги гьечӏолъиги гуребги, цоги сунда тӏасан гӏарзал ругел гьезул?\n— Гьезде гӏунтӏизарурал гӏайибалги руго гӏакълуялда данде кколарел – Даххаевасда хурхун показаниял кьуни, жидеца нуж къватӏире риччалин абулеб буго.\nМасала, анлъго судимость бугев чияс показаниял кьолел руго тюрьмаялъул начальниклъун вукӏарав Давуд Давудовасда хурхун. Къандалъоги ургуги кьуралъухъ туснахъ гьаруразухъа ришваталъе 300 азарго гъурущ босун бугин гьесилан.\nДун гьеб системаялда хӏалтӏулеб заманалда гӏадат букӏана чи жанив тӏамичӏого вукӏинелъун следователас чанго батӏияб рахъ хӏисабалде босулеб. Гьанжейин абуни тӏаса ккезабизелъун хӏалтӏулел руго гӏемерисел.\nПалхӏасил, ОНКялъул председатель хӏисабалда дихъе рачӏарал гьезул гӏарзал ДРялъул прокуратураялдеги Москваялде РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталдеги ритӏизе руго дица.\n— Гӏакъуба кьолеб бугищ гьезие?\n— Гьебни гьечӏо. Амма гӏадатиял чагӏазе кьолеб бугоха. Масала, дагьалъ цере тӏибитӏизабун букӏана Дагъистаналда боевиказе кумек гьабулел ратарал чагӏи ккунилан – Жабрагӏил Ибнухӏажаровги Мухӏамадхӏажи Мухӏамадовги. Дида рихьана гьел. Амма мукӏур гьаризе къваригӏун кутакалда гӏакъуба кьун бугоан гьезие.\n— Мунги гьебго системаялдаса чилъидал…\n— Дун вуго советияв милицияв. Нижеца гьединал жал киданиги гьарулароан. Доб мехалда нижеда чӏванкъотӏун лъалаан тушман щив, гьудул щивали. Къойилго гӏадин чӏвалел гӏадамалги рукӏана доб мехалда – нижералги диниял экстремисталги. Амма гьелъулъ цо ритӏухълъигӏаги букӏана.\nЗаман щун буго нилъерго Дагъистаналъул букӏинеселъул пикру гьабизе. Лъималазул пикру гьабизе нилъ кватӏана, гьезул лъималазулгӏаги ургъел гьабизе ккеларищ нилъеца? Республикаялъул нухмалъиялъги кутакалда гӏадахъ босизе ккела кидаго гьеб пикру.\nАбухъего, нухмалъулезул хӏакъалъулъ. Масала, Чачаназул нухмалъулев Рамзан Къадиров бащдаб лъагӏалидаса бащдаб лъагӏалиде щола туснахъазде. Амма нилъер нухмалъулел ахираб 10-15 соналда жанир цониги нухалда щвечӏин абизе бегьула туснахъазде. 90 проценталъниги дагъистаниялги гьечӏищха гьенир жанир. Тӏалъиялда бараб жо гӏемер букӏуна. Гьелги гъорлъе журани, иш бигьалъула. Гурони, жанир тӏамун гӏадамалгун, кьун гьезие гӏакъубагун, масъала тӏубаларо. Дора жанир цӏакъ гӏемер руго гӏолохъанал васал. Гьединго гӏиси-бикъинаб жо бикъунилан анцӏго-анцӏила хадур сонал кьурал гӏадамалги.\n— Гӏумар, дандчӏван рукӏаго цогидал туснахъазулги гьикъилин. Масала, гӏемер гӏарзал рукӏуна къватӏиса пачалихъаздаса гӏадамал заманаялъ жанир тӏамураб Махӏачхъалаялда бугеб централда тӏасанги. Цо чи вукӏана бицунев щибниги гӏиллаги гьечӏого чӏезарун ругила жал гьенир тӏубарал моцӏаца. Анкьго моцӏ бараб лъимерги гьелъул эбелгицин ругила жидеда гъорлъ. Аслияб куцалда Азербайжаналдаса, Тажикистаналдаса, Узбекистаналда чагӏи ккола гьел, гӏиси-бикъинаб гӏайиб ккун, гъалмагъир гьабун гьенир тӏамурал. Тӏад къотӏараб гӏакӏаги бецӏун риччан тани бегьуларелищ гьел жиде-жидер ватӏаналде? Тӏадежоялъе пачалихъалъе гӏезегӏан заралги кколеб гьечӏищ гьелщинал гӏадамал чӏорого кваназарун, рега-рахъинарун?\n— Битӏараб буго. Амма гьеб рахъалъ законал руго рагӏа-ракьанде щвечӏел. Масала, гьаниса нахъе ритӏизеялъе гӏоло гьезие билетал росизе кколел руго хасал тендералги лъазарун. Тӏадежоялъе чанго батӏияб хъулухъги буго гьезулгун хӏалтӏи гьабулеб (полиция, миграциялъул хъулухъ, прокуратура, судазул приставал). Цоязда тӏадкъан тун букӏарабани.\n— Чан чи гьенив вугев гьабсагӏаталда?\n— 90 чи вукӏана дагьалъ цеве. Гьанже 87 хутӏун вуго. Гьезул 50 чияс гьарулеб буго жалго риччайила жал белтал росизе. Гьезул ракӏсвакан букӏинарищ гӏадада гьанир чӏун? Амма тендерал лъазаризе кколилан чӏезарун руго гьел гӏадамал. Хутӏаразул паспортал гьечӏо.\n— У, дихъеги кӏалъана гьединав цо чи Рустам Гӏалиев. Жив 13 соналъ цевего вачӏун вукӏанила Азербайжаналдаса Дагъистаналде. Лъабго соналдасан туснахъалъуве кканила. Гьениб анцӏго сонги бан гьанже къватӏиве виччан вугила. Гьеб заманалда жаниб 13 соналъ цебего гьесухъ букӏараб СССРалъул паспорталъул болжалги лъугӏун буго, гьесда гьабилеб жо лъаларого миграциялъул хъулухъги буго. Документ гьечӏого нахъе витӏизе бажаруларелъул гьев.\n— Нижеца кумек гьабулеб буго гьесие. Киса-кибего хъвалеб бугоха.\n— ОНКялде туснахъаз рахъулел гӏарзал гӏемерисеб мехалда сунда тӏасан рукӏунел?\n— Цӏех-рехалъул хӏалтӏуда тӏасан букӏуна гӏарз. Масала, ичӏго моцӏида жанив цониги нухалда туснахъалде ваккичӏев следовательги вуго. Дагьалъ цевегӏан щун вукӏана Гъизляралъул\nГОВДялда следовательлъун хӏалтӏулев вукӏарав чиясухъе. Микьго моцӏ бугин следователь жиндихъе ваккичӏелдасайин бицана гьес.\nГьединго колониязда кьолеб кванида тӏасанги букӏуна гӏарз. Тюбеялда ругел туснахъазда чӏалгӏун бугоан къойилго кьолеб картошка.\nИКязда ругел къватӏиса пачалихъаздаса гӏадамал руго гӏарзахъдулел жидее судияз жидее УДО бихьизабулеб гьечин, жал туснахъалда хӏалтӏун гьечӏилан (УДО – условно-досрочное освобождение – ред.).\n— Бугищха гьезие доба жаниб хӏалтӏи?\n— Гьебни буго – богорокъор, мастерскаязда. Пенсионерал хӏалтӏичӏониги бегьула.\nТуснахъ гьаруразда гьоркьор гӏемер руго столал-бакӏал, партаби гьаризе махщел бугел чагӏи. Амма цӏалул идарабазниги гьезие заказал кьолелани. Кьолароха. Бищун лъикӏаб букӏинаан советияб заманалда гӏадин пачалихъалъ заказал кьун, гьез тӏуразаруни. Гьединго гордал гьарулел чагӏиги руго дора. Амма кин гьез гьел ричилел? Масала, гордал гьарурал чагӏи рачӏунаха духъе рокъоре гьел лъезеги. Туснахъал кин дораса къватӏире рачине гьел лъезе? Тӏадежоялъе туснахъазул цӏар бахъарабго кьурун тӏадруссине бегьула щибниги жоялъе заказ кьезе къваригӏарал гӏадамалги. Туснахъазда иш лъугӏарал гӏадамал рукӏунин абураб пикру бугелъул гӏадамазул. Амма гьеб мекъи буго. Кутакалда батӏи-батӏиял чагӏи руго дора.\n— Гьадал дуца байбихьуда бицен гьабурал туснахъазул хӏакимзаби кквеялъ кинаб асар гьабураб УФСИНалъул хӏалтӏуе?\n— Гьабунин рикӏкӏуна дица. Кутакаб кьаби щвана УФСИНалда. Ункъо туснахъалъул начальниклъидалха жанив тӏамурав. Туснахъалъул начальниклъун тӏамизе хӏадурарав чи гьечӏо гьабсагӏаталда. Чанго соналъ тӏатӏалаго хӏадуризе кколаан гьел. Дида рагӏана хутӏарал хӏалтӏухъабиги нахъе инехъин ругилан. Бокьараб коллективалда вукӏуна дагьа-макъабниги гӏайиб бугев чи. Гьединго гьезулги гӏунгутӏаби ратарал къагӏида. Амма гьезде гӏайиб гӏунтӏизабулеб куцалда иш батиларин ккола дида (цӏех-рехалъул пикруялда рекъон, гьел чагӏаз кӏудияб хӏилла гьабун буго бюджеталъул гӏарцуе – ред.)."}
{"slug": "6671-tsotsada-pikrabi-l-l-url-uze-garun-geldasa-pirkharab-kanl-ukh-e-ril-l-a", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6671-tsotsada-pikrabi-l-l-url-uze-garun-geldasa-pirkharab-kanl-ukh-e-ril-l-a", "title": "Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун, гьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа!", "date": "2019-12-23 05:17:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "16 декабралда «Хӏакъикъаталъул» редакциялде бакӏарараб интеллигенциялда гьоркьов мацӏ батӏияв чи гӏицӏго информациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирёв гурони вукӏинчӏо.\nХутӏаралщинал рукӏана батӏи-батӏияб хъулухъалда ругел ялъуни батӏи-батӏияб гьунаралъул бетӏергьабилъун кколел магӏарулал.\nМасала, магӏарулазул цевехъан, промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумаханов, академик Шамил Гӏалиев, халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаев, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Ахӏмад Гӏазизов, Авартеатралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадов, композитор Каримула Гӏабдулаев, машгьурав тарихчи – Хунзахъа Гӏалибег Хъазамбиев, педагог ва жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидинов, шагӏирзаби – Залму Батирова, Тубхӏат Зургьалова, жамгӏиял хӏаракатчагӏи Мухӏамад Шамилов, Мухӏамад Къебедов, Гъайирби Гъайирбиев ва жеги гӏезегӏан гӏадамал.\nМиллияб басмаялда дандчӏвалел цо-цо суалазда тӏасан байбихьуда гьез кӏалъа-басай гьабуна министр Снегирёвасулгун.\nГрант сундуе хӏалтӏизабилеб?\nХадуб Сайгидпаша Гӏумахановас бицана гьеб дандеруссиналъе гӏиллалъун ккараб цо хӏужа бугила федералияб централъ Дагъистаналъе кьолеб бугеб грант (I, 2 млрд гъурущ) сунда тӏад харж гьабилебали дандбай.\nГьедин цояз абуна магӏарухъ росаби чӏунтиларедухъ гьарулел хӏалтӏабазде буссинабизе бегьилин гьеб, цогидазда лъикӏаблъун бихьана рахьдал мацӏал цӏуниялда, лъай камил гьабиялда тӏад харж гьабизе. Рукӏана цойги пикрабиги.\nГьединлъидал Сайгидпаша Гӏумахановас абуна рачӏайин нилъеца щивасул гьел пикраби къалмиде росулеб хасаб комиссия гӏуцӏизе, цинги гьелъул хӏасил республикаялъул тӏалъиялда цебе лъезе.\nАвтономиялъул цӏияв нухмалъулев\nГьелдаса хадуб гьоркьоб лъуна магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев вищиялъул суал.\nКиналго разилъана гьеб хъулухъ ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун вукӏарав Мухӏамад Мухӏамадовасда тӏадкъазе.\n2013 соналда автономия гӏуцӏараб мехалда гьелъул тӏоцевесев нухмалъулевлъун вукӏана Сайгидпаша Гӏумаханов.\n2015 соналъул декабралда гьев хисана тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов).\nИсана декабралда гьес лъазабуна жиндие тарихалда тӏадчӏезе заман гӏолеб гьечӏила, гьединлъидал автономия цогидасда тӏадкъани бокьилаанилан.\nГьелъие малъа-хъваял гьарулеб мехалда «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевас абуна кӏвар бугел темабаздаса тӏасан батӏи-батӏиял проектал ургъани лъикӏ букӏинила автономиялъ. Масала, магӏарул росабазул, некӏсиял кучӏдузул, тӏахьазул проектал.\nТуркиялдаса гьобол\nГьеб мажлисалда вукӏана Туркиялдаса гьоболги – гӏурусазулгун кавказиязул рагъ лъугӏун хадур Дагъистаналдаса гочарал магӏарулазул наслуялъул чи Мухӏамад (Мехмет) Айдемир.\nЯловаялда гӏумру гьабулел Северияб Кавказалдаса гӏадамазул диаспораялъул нухмалъулевги ккола гьев.\nГьесулги дора гӏумру гьабулел кавказиязулги квербакъиялдалъун санайилго лезгинкаялъул фестивалал, умумузул гӏадатал рихьизарулел дандеруссинал тӏоритӏула Туркиялда.\nСайгидпаша Гӏумахановас бицана кватӏичӏого Туркиялда тезе ругила Шамилил фондалъулги магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъулги вакилзаби. Яловаялда базе рагӏула Дагъистаналъул культурияб центр. Шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие ракьги бихьизабун бугила.\nГьединго хӏадурун буго Стамбулалда лъезе Шамил имамасул бюстги.\nМухӏамад Айдемирица бицана гьабсагӏаталда Дагъистаналде вачӏиналъе гӏилла – ДГУялъулги Яловаялъул университеталъулги къотӏи ккун буго кӏиябго рахъалъул гӏолилал цӏализе цоцахъе ритӏизе. Хасго магӏарул мацӏ къваригӏун бугин жидее жидерго лъималазда лъазеян вукӏана гьев. Жинцагоги мадар гьабулеб бугоан гьеб бицине. Амма жиндир васасда лъалеб гьечӏила гьеб. Гьеб мехалда гӏурус мацӏалъ Сайгидпаша Гӏумахановас махсара гьабуна инсуда аскӏов эхетарав Мухӏамадил васасе — бихьулищин, Гъази, гӏурус гуреб, магӏарул лъазабизе кколеб букӏун бугин дуцагиян.\nЧанго соналъ цебе магӏарулайги ячараб саламатаб бертин гьабуна Хасавюрталда гьесие.\nЧагучиевасгун Халидовас гьаризехъин ругел съездазул хӏакъалъулъ\nМагӏарул интеллигенция данделъараб гьеб мажлисалда кӏалъазе рагӏи щвара-щварас рорхулел рукӏана жидедаго рекӏеда хӏунсулел суалал.\nМасала, жамгӏияв хӏаракатчи, закон цӏунулел идарабазулги прокуратураялъулги хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул нухмалъулев Мухӏамад Шамиловас бицана гӏалимчи, Кавказалъул халкъазул Союзалъул Миллияб Советалъул председатель Мухӏамад Чагучиевас съезд тӏобитӏизе бугин кватӏичӏого, нилъ киназго гьениб гӏахьаллъиги гьабизе ккелилан.\nАмма гьелъ суалал рижизаруна данделъаразул: кинаб ахӏиялда гъоркь гьеб гьабулеб бугеб, щиб гьелъ кьелеб, къваригӏунго бугебдай гьеб? Москваялдаги дора-гьанирги ругел политиказ жидерго мурадазе гӏоло гӏадатиял гӏадамал цере тункийищ гьеб?\nТӏадежоялъе гьелдаго релълъараб съезд гьабизе хӏадурулев жамгӏияв хӏаракатчи Денга Халидовги вугилан тӏаде жубана цогидаз.\nГьединалги гьелда релълъаралги суалал дандразе магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялда цебе оргкомитет яги совет гӏуцӏизе кколин абуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев Гӏумахан Гӏумахановас. Цинги гьелъ къотӏилила хӏукмуги.\nТарихалде тударулел чагӏазда бадибе рагӏи абизе ккела\nМагӏарулал цолъиялъе «Хӏакъикъат» газеталъ тӏамизе байбихьараб тӏоцебесеб галиялъул бицана газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас: щибаб номералда гӏадин кьолел руго жидерго мацӏалда кӏалъалел росабазул маданият бихьизабулел гьурмал.\n«Гьединго, лъаялъул рахъалъ тарихчи вукӏиналъ, гьелъулги абила дица: гьагъал, нилъер тарихалде тударулел, чагӏаздаги бадибе рагӏи абизе ккела. Гӏарцухъ тӏахьалги риччан, бокьа-бокьарал жал хъвалел руго. Масала,Надиршагь щущахъ виххизавурал магӏарулазе цевехъанлъи тумазул хан Муртазагӏалица гьабунин хъвалеб буго», — ян кӏалъана Пайзула Пайзулаев.\nХвалченги кечӏги\nХадуб хабар ккана гӏурус мацӏги цебе биччан, рахьдал мацӏазде гьарулел гьужумазул.\nГьелда тӏасан автономиялъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас гьадин абуна:\n«Гӏурус мацӏ рихарал чагӏи нилъ гуро, гьеб нилъее хӏажат буго гьавагӏанги. Амма нилъерго мацӏги нахъе цун, гӏадат-гӏамалги нахъе цун цогидаб мацӏ бицин рекъараблъун бихьуларо. Нилъер миллаталда цебе чӏараб масъала буго гъунки, цолъи. Нилъ гъункизе, цолъизе ккун руго — чиядехун кьал ахӏизе гурелха, нилъерго гӏадат-гӏамал цӏунизе. Ахираб заманалда нилъ бечелъиялда хадур ун, дагьал рикӏкӏалъун, ратӏалъун руго цоцаздаса.\nГӏемер суалал руго кӏвар кьезе ккарал.\nМасала, магӏарул росаби чӏунтулел руго. Хӏукуматалъул кумек гьечӏони, цӏакъ захӏмалъила гьел цӏунизе. Щибниги шартӏал гьечӏел бакӏазда гӏумру гьабун чӏаян чиясда абуни, жиндир мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гьениса гочинеян жаваб кьезе рес буго гьес. Амма магӏарухъ гьел росаби цӏуничӏони, гьаниб, гӏатӏиракьалда нилъерго мацӏги цӏарги тӏагӏуна.\nНилъер умумуца нахъе тарал пирамида гьечӏо, кутакаб рикъзи гуро. Амма буго рухӏияб бечелъи. Тӏубанго лъугӏун-тӏагӏун иналде гьелде кӏвар кьезе къваригӏун буго. Букӏине кколедухъ къимат кьолеб гьечӏо журналистал ратаниги, хъвадарухъаби-шагӏирзаби ратаниги, гьездеги. Спорталде руссун руго киналго. Гӏалимчиясда дандчӏвазе киданиги унаро.\nАмма лъай гьечӏони, миллат букӏине гьечӏо».\nГьеб пикруялъул рахъги ккун академик Шамил Гӏалиевасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан «Магӏарул классикияб кочӏол сордо» тӏобитӏизе.\n— Ункъо-щуго кечӏалдаса тӏокӏаб тӏаде кечӏги букӏине бегьуларо гьениб. Цересел кьеразда гӏодор чӏезаризе ккола кечӏ ахӏулеб мехалда гьаракь гьабулел гӏолохъабиги, — ян абуна Шамил Гӏалиевас.\nДанделъиялдаса хадуб гьес «Хӏакъикъаталъе» баян гьабуна нилъее умумухъан щварал жал ругила хвалченги кечӏги. Амма гьабсагӏаталда нилъее хвалчен къваригӏинарила, кечӏалъин абуни данде гьаризе бегьулила.\nРекӏедаса рекӏеде кьоги лъун…\nМажлисалъул хӏасил гьабулеб гӏадаб кӏалъай букӏана жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидиновасул.\nГьес ракӏалде щвезаруна Цӏадаса Хӏамзатил мухъал:\n«Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун,\nГьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа».\n«Дида кколаха тӏубараб поэмаялъулгӏанасеб магӏна бугин гьезулъилан. Амма гьел лълъурлъизарилалде цере жалго гьел пикрабиги рукӏине ккелаха гӏакъилал, кьучӏал, нилъее хӏажатал. Гурони, гьездалъун пири пирхуларо.\nГьединлъидал нилъеца баян гьабизе ккола щиб нилъее къваригӏун бугебали. Гьеб лъазе ккани, щивав чи вукӏине ккола рекӏедаса рекӏеде кьоги лъун, гьуинлъиялда, вацлъиялда. Гьедин букӏине ккани, нилъ Аллагьасе гӏоло цоцаздаса тӏаса лъугьинеги ккола», — ян абуна Шамил Мухӏидиновас.\nГьесул пикруялда рекъон, жакъа магӏарул халкъалъул, мацӏалъул унтуца унтичӏев чи магӏарулав гуро.\nМагӏарул мацӏ лъугӏун-тӏагӏун иналда бугеб хӏинкъиялъул бицунаго, Мухӏидиновас мисалалъе бачана «Цӏадаса Хӏамзатги, Расулги, Фазуги жанир рахъараб, поэзиялъул Макка гӏадинаб Хунзахъ мухъ». Ясли-ахаздаса байбихьун гьенибгицин гӏурус мацӏ бицин модаялде бачӏун бугеб мехалда цогидалъул бицун пайда щибин рекӏекълъана гьев."}
{"slug": "6714-zhurnalistazul-sualaze-prezidentasul-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6714-zhurnalistazul-sualaze-prezidentasul-zhavabal", "title": "Журналистазул суалазе президентасул жавабал", "date": "2019-12-27 16:32:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "19 декабралда Москваялъул халкъазда гьоркьосеб дармилаб централда улкаялъул президент Владимир Путинил гӏахьаллъигун тӏобитӏана кӏудияб пресс-конференция. Гьелда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса 9 журналистги.\nГьединго исанасеб пресс-конференциялда гӏахьаллъи гьабуна СМИялъул 1895 вакилас. Гъоркьиса тӏобитӏаралдайин абуни гӏахьаллъун вукӏана 1702 журналист. Гьезда гьоркьорги бищун гӏемер рукӏана регионаздаса журналистал.\nАслияб къагӏидаялда президентасе кьуна улкаялъул халкъалда хъинтӏулел гурелги, тӏолабго дунялалдаго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасанги суалал. Бищунго гӏемерал суалалин абуни рукӏана сахлъи цӏуниялда, лъай кьеялда ва социалияб гӏумруялда хъинтӏарал. Масала, Камчаткаялдаса журналисталъ гьикъана, «Аэрофлоталъул» тарифал, ай самолеталда рекӏаралъухъ белтазухъ росулел багьаби цӏикӏкӏинаризе ругищилан.\n«Тарифал цӏикӏкӏинаризе ракӏалда гьечӏо. Рукӏине руго пенсионеразе, студентазе ва цогидалги гражданазе гьарулел рукӏарал бигьалъабиги», — ян жаваб кьуна президентас.\nЛъагӏалида жаниб — 70 млн тонна рощнол\n«Рощнол реформа» гьабсагӏаталда хӏалтӏулеб буго Москваялда, Севастополалда ва Санкт-Петербургалда. Хутӏарал субъектазе кьун буго 2022 соналде щвезегӏан заман. Санкт-Петербургалдаса журналистас цӏехана, щайин шагьаралдаса рищни баччулеб бугебин Ленинград областалъул цогидал шагьараздеян.\nВладимир Путиница кьуна гьадинаб жаваб:\n— Лъагӏалида жаниб данделъу-леб буго 70 млн тонна рощнол. Совет Союзалда букӏинчӏо гьеб хӏалтӏизабиялъул предприятиего. Нижеца гьеб байбихьана. Гьабсагӏаталда вуго федералияв оператор, кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун – регионалияв оператор, хӏадурун буго территориалияб план. Амма, дир пикруялда, гьечӏо гражданазулгун гьабулеб гара-чӏвари. Халкъалда бичӏчӏизабизеги бихьизабизеги ккола кин гьеб иш гӏумруялде бахъинабулеб бугебали.\nГьабсагӏаталда ралел руго рищни хӏалтӏизабулел предприятиял. Гӏадамазда бичӏчӏизабизе ккола гьезул зарал букӏине гьечӏеблъиги. Масала, Токиоялда гьединал предприятиял ран руго шагьаралда жанирго. Букӏунаро гьезул чорокаб кӏкӏуй, чӏваларо гьениса махӏцараб махӏ, гьабуларо гьез зарал инсанасул сахлъиялъеги экологиялъеги, — ян.\n550 млрд гъурущ – сахлъи цӏуниялъул проекталъе\nURA.RU информагентствоялъул\nжурналистас борхана тохтурзабазул харжазул суал. «Регионазда тохтурасухъе иргаялда чӏезе ккола моцӏидасаги цӏикӏкӏараб заманалъ. Дагьаб харж бугинги абун, хӏалтӏудаса нахъе унел тохтурзабиги гӏемерлъулел руго. Масала, бетӏерав тохтурасе нусазаргоялдаса цӏикӏкӏун гъурущ щолеб бугони, хирургасул харж 50 азаргоялдецин бахунаро», — ян бицана гьес.\nУлкаялъул нухмалъулес абуна «Сахлъи цӏуни» абураб миллияб проекталъе бихьизабураб гӏарцуда тӏаде, аслиял фондал низамалде рачинеги, хӏажатаб къайи босизеги, транспорталъулал харжазеги, техника босизеги медицинаялъе кьун бугин 550 млрд гъурущ. Ракӏалда бугин къачӏазе яги базе медицинаялъул идараялъул 10 азарго объект, босизе бугин 37 азарго машина ва 10 азаргоялде гӏунтӏун медицинаялъул алат-къайи.\nОлимпиадаги WADA-ялъул хӏукмабиги\nИчӏабилеб декабралда допингалде данде къеркьолеб тӏолгодунялалъул агентствоялъ (WADA) гьабураб хӏукмуялда рекъон, Россиялъул спортсменазе гьукъулеб буго Олимпиадаялда ва цогидал спортивиял къецазда гӏахьаллъизе.\nГьелъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна президентас:\n— Гьеб буго къабул гьабизе кӏолареб хӏукму. Допингалда бан цебесеб Олимпиадаялда гӏахьаллъиялдаса махӏрум гьарун рукӏана нилъер\nспортсменал. Гьебго жо сабаблъун цоги нухалда тамихӏалде цӏазе бегьуларо – инсанияталъул тарихалда гьединаб хӏужа жеги букӏинчӏо ва букӏинарин хьулги буго.\nКӏиабизе, тамихӏ букӏине ккола пуланав спортсменасе гьабулеб. Цо чияс допинг хӏалтӏизабунинги абун, командаялъего тамихӏ гьаби мекъаб буго.\nАбизе ккола Россиялъул допингалде данде къеркьолеб комитет (РУСАДА) гӏуцӏун букӏана WADA-ялъул малъа-хъваялги хӏисабалде росун. Гьезул бихьизабиялда рекъон рищун рукӏана гьелъул нухмалъулелги. Дица бицаралъул кьучӏалда, гьабизе бегьула гьадинаб хӏасил: WADA-ялъул гьанжесеб хӏукмуги буго политикияб махӏ гъорлъ бугеб, — ан.\nПресс-конференциялда рорхарал суалазулги, президентас кьурал жавабазулги ва гьелда тӏасан экспертазгун гӏадатиял гӏадамаз загьир гьарурал пикрабазулги хӏакъалъулъ жеги гӏатӏидго бицина газеталъул хадусеб номералда."}
{"slug": "6721-tishilikial-gi-bikhizabula-giamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6721-tishilikial-gi-bikhizabula-giamal", "title": "Тишиликӏалъги бихьизабула «гӏамал»", "date": "2019-12-28 15:08:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахираб заманалда Дагъистаналъул ракьалда ругел гидротехникиял объектазул инвентаризация гьабун букӏана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьел объектал хӏалтӏизариялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъухъги. Рехсарал тадбиразул хӏасилал гьаруна Владимир Васильевас тӏобитӏараб ДРя-лъул Хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул советалъул данделъиялда.\nГЭСазул халгьабиялъе гӏилла ккана Иркутск областалда исана риидал ккарал пашманал лъугьа-бахъинал. Доб мехалда улкаялъул президент Владимир Путиница лъазабун букӏана Россиялъул тӏолалго ГЭСазул халгьабизе кколин абун.\nДанделъи рагьулаго, Владимир Васильевас рехсана гьадинал хӏужаби: «Дагъистаналда буго 75 гидротехникияб объект. Гьезда гьоркьоса, хӏукуматалъул комиссиялъул пикруялда рекъон, хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏун буго 38-яб. 23 объекталда цӏунулел гьечӏо законалъул тӏалабал: гӏуцӏун гьечӏо гьел хӏалтӏизариялъул рахъалъ техникияб хъулухъ гьаби. Гьеле гьединал объектаз буго нижер рахӏатхвезабун: хӏинкъи буго гьениб тӏасан борчӏараб ахӏвал-хӏал ккеялъул. Гьел объектал хӏалтӏизарулел руго 25-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ, амма цониги нухалда халгьабун гьечӏо гьезул бугеб хӏалалъухъ. Гьебго заманалда ихдал гӏорал щвеялъул рахъалъ хӏинкъи цӏикӏкӏарал регионазда гьоркьоб ункъабилеб бакӏалда буго Дагъистан.\nХӏинкъи цӏикӏкӏарал объектазда гьоркьоре уна Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏорги Чӏикӏаб хӏорил Тишиликӏ сангарги. Гьеб сангар гьабсагӏаталда буго «Дагводсервис» абураб идараялъул жавабчилъиялда гъоркь. Къваригӏун буго рехсараб объекталда хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъе тадбирал гьаризе», — ян абуна регионалъул нухмалъулес.\nЛъикӏаб хӏалалда гьечӏо Бабаюрт, Дербент, Гъарабудагъкент, Буйнакск ва Хасавюрт районазда ругел лъел объекталги. Гьезул хӏакъалъулъ бицана Ростехнадзоралъул Кавказалъулаб управлениялъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамад Ахӏмадовас. Гьес абуна 2019 соналда 47 нухалда халгьабунин гидротехникиял объектазул ва гьезул хӏасилалда тӏатанин низам цӏунунгутӏиялъул аза-азар хӏужаби.\nМ. Ахӏмадовасул баяналда рекъон, Тишиликӏ сангар баялъул аслияб мурад букӏана Шура-Озен гӏурул мухъ лъелъ гъанкъизе тунгутӏи ва Тишиликӏ авлахъалда ругел росдал магӏишаталъул ракьал лъалъай. Гьабсагӏаталда «Ленгидропроект» АОялъ хӏадурулеб буго Тишиликӏ сангаралъул лъим пайдаялъе хӏалтӏизабизе рес кьолеб проект.\nРостехнадзоралъул вакилас абуна Терек ва Сулахъ гӏоразул рагӏаллъабаздаги хӏалтӏи гӏуцӏун бугин абун. Май-июнь моцӏазда хӏинкъи букӏуна Терек гӏор рагӏаллъабаздаса къватӏибе кӏанцӏиялдалъун сверухъ ругел росаби гъанкъиялъул. Гьединабго хӏинкъи букӏуна Гъизилюрт районалъул Нечаевка росдаеги – Сулахъ гӏор кӏанцӏиялъул рахъалъ.\nЛъел балагьал ккезе рес буго «ДРялъул Минмелиоводхоз» абураб ФГБУялъул жавабчилъиялда гъоркь ругел объектаздаги. Кинабниги 33 объект буго гьединаб ва гьезда гьоркьоса 15 объекталъул гьечӏо хӏинкъигьечӏолъиялъул декларация. Рехсараб идараялъул директор Залкип Къурбановас бицана, ахираб ункъо соналъ цониги хӏужа ккечӏин лъим кӏанцӏиялъул рахъалъилан.\nДРялъул тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевасул пикруялда рекъон, ихдал лъим кӏанцӏиялъул рахъалъ бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун ккола Терек гӏор. «Терекалъул рагӏаллъабазда 137 километралъул халалъиялда рарал сангаразул жаваб кьезе ккола республикаялъ. Гӏурул тӏину гъварид гьабиялъулги гьелъул чвахиялда хадуб халкквеялъулги жавабиял руго федералиял идараби. Ахирал соназда Терекалда гьабичӏо кинабгӏаги хӏалтӏи. 2002 соналда лъеда гъоркье ккана Бабаюрт ва Гъизляр районазул ракьал гьелъул зарал бахана кӏигогун бащдаб млрд гъурщиде. 2005 соналда гьебго гӏоралъ гьабураб зарал бахана 750 млн гъурщиде», — ян бицана министрас."}
{"slug": "6722-kharabazul-giak-lu-giolilazul-k-uvat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6722-kharabazul-giak-lu-giolilazul-k-uvat", "title": "Харабазул гӏакълу, гӏолилазул къуват", "date": "2019-12-28 15:15:42", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерас вертолеталдасан халгьабуна Табасаран районалде бачунеб 23 километралъул халалъи бугеб лъел мухъалъухъ. Гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго «Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталда рекъон. Лъим бачунеб буго рехсараб районалъул анлъго росулъе.\nГьелдаса хадуб регионалъул нухмалъулев ана Хучни росдал №1 гьоркьохъеб школалде. Гьеб къачӏан буго «100 школа» абураб проекталда рекъон. Владимир Васильев рази хутӏана школалда гьабураб ремонталдаса. Гьес бицана республикаялда налогал ракӏариялъул хӏасилалда гьарулел ругел социалиял хиса-басиязул хӏакъалъулъ: къачӏалел руго школалгун лъималазул ахалги, цӏигьарулел руго лъел мухъалгун нухалги, гӏумруялде рахъинарулел руго «Росдал учитель» ва «Росдал тохтур» абурал проекталги.\nШколалдаса республикаялъул хӏакимзаби ана районалъул администрациялде. Гьениб тӏобитӏана харабазул советалъул вакилзабазулгун дандчӏвай. Гьенибги Васильевас бицана республикаялда гьарулел ишазул хӏакъалъулъ.\n«Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталде харж гьабуна кӏиго миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ. «Дир Дагъистан – дир нухал» абураб проекталъе биччана 770 млн гъурщидаса цӏикӏкӏун гӏарац «Дир Дагъистан – санагӏатаб шагьаралъул сверухълъи» проекталъе биччана цо миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ ва гьелъухъ къачӏана 228 объект.\nХарабазул советазул вакилзабаз бицана жиде-жидер росабалъ тӏуразаризе кколел масъалабазул хӏакъалъулъги."}
{"slug": "6723-khiasilalgi-garuna-mas-alabigi-tserel-una", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6723-khiasilalgi-garuna-mas-alabigi-tserel-una", "title": "Хӏасилалги гьаруна, масъалабиги церелъуна", "date": "2019-12-28 15:25:01", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "2019 соналъул ахирисеб данделъи тӏобитӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъ. Гьеб нухда бачана гьелъул председатель Хизри Шихсагӏидовас. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги, бакӏалъулаб власталъул нухмалъулелги, жамгӏиял идарабазулгун СМИязул вакилзабиги.\nДанделъиялда гьоркьоб лъун букӏана 18 суал.\n«2020 ва 2021, 2022 соназде ДРялъул республикаялъул бюджеталъул хӏакъалъулъ» абураб суалалда тӏасан пикраби загьир гьаруна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул бюджеталъулгун финансазул ва налогазул комитеталъул председатель Сайпулагь Гӏисакъовасги ДРялъул хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьер Хӏажимухӏамад Хӏусеновасги. Гьез бицана бюджеталда хиса-басиял гьаризе кколин абун хитӏабал рачӏанила Халкъияб Собраниялъул комитетазги депутатазги. Гьел хиса-басиялги хъинтӏулила социалияб инфраструктурабазе гӏарац кьеялда.\nГьел хитӏабал ритӏун рукӏун руго ДРялъул хӏукуматалдеги профилиял министерствабаздеги. Гьезул цо-цоял тасдикъ гьариялда бан, хисизаризе кколел руго бюджеталъул цо-цо статьябигиян абуна гьез.\nХиса-басиял тасдикъ гьаризе рес щвана налогазулги налогазул гуребги бюджеталъул бутӏабазде тӏаде бачӏараб хайиралъинги бицана депутатаз. Хайиралъул бутӏа цӏикӏкӏана кӏиго миллиардгун анлънусго миллион гъурущалъ ва гӏаммаб къадаралда бахана 33 миллиардгун кӏинусго миллион гъурщиде.\nГьелде тӏадеги, хӏисабалде босун буго федералиял бюджеталъул\nкумекги – анкьго миллиардгун ичӏнусго миллион гъурущ (гьебги цӏикӏкӏана 10 миллиардгун щунусго млн гъурущалъ). Хӏасил-калам, киналго бутӏабиги данде кӏутӏун, бюджеталъул хайирияб бутӏа бахана 138 миллиардгун щунусго миллион гъурущалде (байбихьуда бюджеталда хӏисабалде босун букӏана 125 миллиардгун лъабнусго миллион гъурущ).\nХӏисаб гьабун буго харж гьабулеб бутӏаялъулги. Гьелъие бихьизабун буго 138 миллиардгун щунусго миллион гъурущ (байбихьуда бюджеталда хӏисабалде босун букӏана 125 миллиардгун ичӏнусго миллион гъурущ).\nРехсарал хиса-басиялгун бюджет тасдикъ гьабизе кколин абураб пикру загьир гьабуна данделъиялда лъабабго фракциялъул нухмалъулезги парламентариязги.\nСессиялда къабул гьабуна «ДРялъул ФОМСалъул 2020 ва 2021, 2022 соназде бюджеталъул хӏакъалъулъ» абураб законги. 2020 соналда ФОМСалъул хайирияб бутӏаялда бихьизабун буго 31 миллиардгун нусго миллион гъурущ. Гьедигӏанасебго гӏарац харж гьабизеги ккола гьеб идараялъ.\nДепутатаз къабул гьабуна «ДРялда лъималазул ихтиярал цӏунулев вакиласул хӏакъалъулъ» абураб законги. Гьелда мухӏкан гьабулеб буго ихтиярал цӏунулев вакил вищиялъулги хъулухъалдаса нахъе витӏиялъулги къагӏида ва гьесда тӏадал ишал.\n2020 соналда гьабизе бугеб хӏалтӏул планалъул хӏакъалъулъ сессиялда бицана Дагъистаналъул парламенталъул тӏоцевесев вице-премьер Сайгидахӏмад Ахӏмадовас.\nХизри Шихсагӏидовас гьаруна 2019 соналда гьабураб хӏалтӏул хӏасилалги.\nСессиялъул ахиралда ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас къимат кьуна республкиаялда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназе ва гьединго гьабураб хӏалтӏухъ баркала загьир гьабуна депутатазе."}
{"slug": "6737-tsotsada-pikrabi-l-l-url-uze-garun-geldasa-pirkharab-kanl-ukh-e-ril-l-a", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6737-tsotsada-pikrabi-l-l-url-uze-garun-geldasa-pirkharab-kanl-ukh-e-ril-l-a", "title": "Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун, гьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа", "date": "2019-12-30 06:53:13", "categories": ["obshestvo"], "text": "16 декабралда «Хӏакъи-къаталъул» редакциялда данделъун рукӏарал интеллигенциялъул вакилзабазда гьоркьов мацӏ батӏияв чи гӏицӏго информациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирёв гурони вукӏинчӏо. Хутӏарал рукӏана батӏи-батӏияб хъулухъалда ругел ялъуни батӏи-батӏияб гьунаралъул бетӏергьабилъун кколел магӏарулал.\nМасала, промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумаханов, академик Шамил Гӏалиев, халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаев, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Ахӏмад Гӏазизов, Авартеатралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадов, композитор Каримула Гӏабдулаев, тарихчи Гӏалибег Хъазамбиев, педагог ва жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидинов, шагӏирзаби – Залму Батирова, Тубхӏат Зургьалова, жамгӏиял хӏаракатчагӏи — Мухӏамад Шамилов, Мухӏамад Къебедов, Гъайирби Гъайирбиев ва цогидалги.\nМиллияб басмаялда дандчӏвалел цо-цо суалазул бицун, байбихьуда кӏалъана министр С. Снегирёв.\nГрант сундуе хӏалтӏизабилеб?\nХадуб Сайгидпаша Гӏумахановас бицана гьеб дандеруссиналъе гӏиллалъун ккараб цо хӏужа бугила, федералияб централъ Дагъистаналъе кьолеб бугеб грант (1, 2 млрд гъурущ) сунда тӏад харж гьабилебали дандбай.\nЦояз абуна магӏарухъ росаби чӏунтиларедухъ гьарулел хӏалтӏабазде буссинабизе бегьилин гьеб, цогидазда лъикӏаблъун бихьана рахьдал мацӏал цӏуниялда, лъай камил гьабиялда тӏад харж гьабизе. Рукӏана цогидалги пикраби.\nГьединлъидал Сайгидпаша Гӏу-махановас абуна рачӏайин нилъеца щивасул гьел пикраби къалмиде росулеб хасаб комиссия гӏуцӏизе, цинги гьелъул хӏасил республикаялъул тӏалъиялда цебе лъезе.\nАвтономиялъул цӏияв нухмалъулев\nГьелдаса хадуб гьоркьоб лъуна магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев вищиялъул суал.\nКиналго разилъана гьеб хъулухъ ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун вукӏарав Мухӏамад Мухӏамадовасда тӏадкъазе.\n2013 соналда автономия гӏуцӏараб мехалда гьелъул тӏоцевесев нухмалъулевлъун вукӏана Сайгидпаша Гӏумаханов.\n2015 соналъул декабралда гьев хисана тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов).\nИсана декабралда гьес лъазабуна жиндие гӏелмуялда тӏадчӏезе заман гӏолеб гьечӏин, гьединлъидал автономиялъул нухмалъулевлъун цогидав тани бокьилаанин.\n«Дагъистан» журналалъул бе-\nтӏерав редактор Мухӏамад Бисав-гӏалиевас абуна кӏвар бугел темабазда тӏасан батӏи-батӏиял проектал ургъани лъикӏ букӏинин автономиялъ. Масала, магӏарул росабазул, некӏсиял кучӏдузул, тӏахьазул проектал.\nТуркиялдаса гьобол\nМажлисалда вукӏана Туркиялдаса гьоболги – гӏурусазулгун кавказиязул рагъ лъугӏун хадур Дагъистаналдаса гочарал магӏарулазул наслуялъул чи Мухӏамад (Мехмет) Айдемир.\nЯловаялда гӏумру гьабулел Северияб Кавказалдаса гӏадамазул диаспораялъул нухмалъулевги ккола гьев.\nГьесулги дора гӏумру гьабулел кавказиязулги квербакъиялдалъун санайилго фестивалал, умумузул гӏадатал рихьизарулел дандеруссинал тӏоритӏула Туркиялда.\nСайгидпаша Гӏумахановас бицана кватӏичӏого Туркиялда тезе ругила Шамилил фондалъулги магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъулги вакилзаби. Яловаялда базе буго Дагъистаналъул культурияб центрги. Шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие ракьги бихьизабун буго.\nГьединго хӏадурун буго Стамбулалда лъезе Шамил-имамасул бюстги.\nМухӏамад Айдемирица бицана гьабсагӏаталда Дагъистаналде вачӏиналъе гӏиллаги. ДГУялъулги Яловаялъул университеталъулги къотӏи ккун буго кӏиябго рахъалъул гӏолилал цӏализе цоцахъе ритӏизе. Хасго магӏарул мацӏ къваригӏун бугин жидее жидерго лъималазда лъазеян абуна гьес. Жинцагоги мадар гьабулеб бугоан гьеб бицине. Амма жиндир васасда гьеб лъаларила. Гьеб мехалда гӏурус мацӏалъ Сайгидпаша Гӏумахановас махсара гьабуна инсуда аскӏов эхетарав Мухӏамадил васасе — бихьулищин, Гъази, гӏурус гуреб, магӏарул лъазабизе кколеб букӏун бугин дуцагиян.\nЧанго соналъ цебе магӏарулайги ячун саламатаб бертинги гьабун букӏана гьесие Хасавюрталда.\nЧагучиевасгун Халидовас гьаризе ругел съездазул хӏакъалъулъ\nМагӏарул интеллигенция данделъараб гьеб мажлисалда кӏалъазе рагӏи щвара-щварас рорхулел рукӏана жидерго рекӏеда хӏунсулел суалал.\nМасала, жамгӏияв хӏаракатчи, закон цӏунулел идарабазулги прокуратураялъулги хӏалтӏухъабазул проф-союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Шамиловас бицана гӏалимчи, Кавказалъул халкъазул сюзалъул миллияб советалъул председатель Мухӏамад Чагучиевас съезд тӏобитӏизе бугин кватӏичӏого, нилъеца гьениб гӏахьаллъиги гьабизе ккелилан.\nАмма гьелъ суалал рижизаруна данделъаразул: кинаб ахӏиялда гъоркь гьеб гьабулеб бугеб, щиб гьелъ кьелеб, къваригӏунго бугебдай гьеб? Москваялдаги дора-гьанирги ругел политиказ жидерго мурадазе гӏоло гӏадатиял гӏадамал цере тункийищ гьеб?\nТӏадежоялъе, гьелдаго релълъараб съезд гьабизе хӏадурулев вугин жамгӏияв хӏаракатчи Деньга Халидовгиян тӏаде жубана цогидаз.\nГьединалги гьелда релълъаралги суалал дандразе магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялда цебе гӏуцӏиялъул комитет яги совет гӏуцӏизе кколин абуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев Гӏумахан Гӏумахановас. Цинги гьелъ къотӏилила хӏукмуги.\nТарихалде тударулел чагӏазда бадибе рагӏи абизе ккела\nМагӏарулал цолъиялъе «Хӏакъи-къат» газеталъ тӏамизе байбихьараб тӏоцебесеб галиялъул бицана газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас. Щибаб номералда гӏадин кьолел руго жидерго мацӏалда кӏалъалел росабазул маданият бихьизабулел гьурмал.\n— Гьединго, лъаялъул рахъалъ тарихчи вукӏиналъ, гьелъулги абила дица: гьагъал, нилъер тарихалде\nтударулел чагӏаздаги бадибе рагӏи абизе ккела. Гӏарцухъ тӏахьалги\nриччан, бокьа-бокьарал жал хъвалел руго. Масала, Надир-шагь щущахъ виххизавиялда магӏарулазул цевехъанлъун тумав Муртазагӏали вихьизавун хъван буго цо магӏарул тарихчияс. Гьанжегӏагар имам Шамил какунги хъван буго цояс макъала, — ян кӏалъана Пайзула Пайзулаев.\nХвалченги кечӏги\nХадуб хабар ккана рахьдал мацӏазде гьарулел гьужумазул хӏакъалъулъ. Гьелда тӏасан автономиялъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас абуна:\n— Гӏурус мацӏ рихарал чагӏи нилъ гуро, гьеб нилъее хӏажат буго гьавагӏанги. Амма нилъерго мацӏги гӏадат-гӏамалги нахъе цун, цогидаб мацӏ бицин рекъараблъун бихьуларо. Нилъер миллаталда цебечӏараб масъала буго гъунки, цолъи. Нилъ гъункизе, цолъизе ккун руго — чиядехун кьал ахӏизе гурелха, нилъерго гӏадат-гӏамал цӏунизе. Ахираб заманалда нилъ бечелъиялда хадур ун, дагьал рикӏкӏалъун, ратӏалъун руго цоцаздаса.\nГӏемер суалал руго кӏвар кьезе ккарал. Масала, магӏарул росаби чӏунтулел руго. Хӏукуматалъул кумек гьечӏони, цӏакъ захӏмалъила гьел цӏунизе. Щибниги шартӏал гьечӏел бакӏазда гӏумру гьабун чӏаян чиясда абуни, жиндир мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гьениса гочинеян жаваб кьезе рес буго гьес. Амма магӏарухъ росаби цӏуничӏони, гьаниб, гӏатӏиракьалда нилъерго мацӏги цӏарги тӏагӏуна.\nНилъер умумуз нахъе тарал пирамидаби гьечӏо, кутакаб рикъзи гуро. Амма буго рухӏияб бечелъи. Тӏубанго лъугӏун-тӏагӏун иналде гьелде кӏвар кьезе къваригӏун буго. Букӏине кколедухъ къимат кьолеб гьечӏо журналистал ратаниги, хъвадарухъаби-шагӏирзаби ратаниги, гьездеги. Спорталде руссун руго киналго, гьезда бергьенлъи баркизе дандчӏвазе ине гӏедегӏула. Гӏалимчиясда дандчӏвазе киданиги унаро. Лъай гьечӏони, миллат букӏине гьечӏо, — ян.\nГьеб пикруялъул рахъги ккун, академик Шамил Гӏалиевасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан «Магӏарул классикияб кочӏол сордо» тӏобитӏизе.\n— Ункъо-щуго кечӏалдаса тӏокӏаб тӏаде кечӏги букӏине бегьуларо гьениб. Цересел кьеразда гӏодор чӏезаризе ккола кечӏ ахӏулеб мехалда гьаракь гьабулел гӏолохъабиги, — ян абуна Шамил Гӏалиевас.\nДанделъиялдаса хадуб гьес «Хӏакъикъаталъе» баян гьабуна нилъее умумуздасан щварал жал ругила хвалченги кечӏги. Амма гьабсагӏаталда нилъее хвалчен къваригӏинарила, кечӏалъин абуни данде гьаризе бегьулила.\nРекӏедаса рекӏеде кьоги лъун…\nМажлисалъул хӏасил гьабулеб гӏадаб кӏалъай букӏана жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидиновасул. Гьес ракӏалде щвезаруна Цӏадаса Хӏамзатил мухъал:\n«Цоцада пикраби\nлълъурлъузе гьарун,\nГьелдаса пирхараб\nканлъухъе рилълъа».\n— Дида кколаха тӏубараб поэмаялъулгӏанасеб магӏна бугин гьезулъилан. Амма гьел лълъурлъудизарилалде цере жалго гьел пикрабиги рукӏине ккела гӏакъилал, кьучӏал, нилъее хӏажатал. Гурони, гьездалъун пири пирхуларо.\nГьединлъидал нилъеца баян гьабизе ккола щиб нилъее къваригӏун бугебали. Гьеб лъазе ккани, щивав чи вукӏине ккола рекӏедаса рекӏеде кьоги лъун, гьуинлъиялда, вацлъиялда. Гьедин букӏине ккани, нилъ Аллагьасе гӏоло цоцаздаса тӏаса лъугьинеги ккола, — ян абуна Шамил Мухӏидиновас.\nМагӏарул мацӏ лъугӏун-тӏагӏун иналда бугеб хӏинкъиялъул бицунаго, Мухӏидиновас мисалалъе бачана «Цӏадаса Хӏамзатги, Расулги, Фазуги жанир рахъараб, поэзиялъул Макка гӏадинаб Хунзахъ мухъ». Ясли-ахаздаса байбихьун гьенибгицин гӏурус мацӏ бицин модаялде бачӏун бугеб мехалда, цогидалъул бицун пайда щибин кӏалъана гьев."}
{"slug": "6739-mug-chivaj-gabula-khalk-alda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6739-mug-chivaj-gabula-khalk-alda", "title": "Мугъчӏвай гьабула халкъалда", "date": "2019-12-30 08:37:10", "categories": ["insan"], "text": "Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов ккола Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъа. Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул физкультурияб факультетги лъугӏизабун, чанго соналъ хӏалтӏана Гъизляр районалъул Цветковка росдал школалда учительлъун. Нухмалъи гьабуна Гъизляр шагьаралъул автовокзалалъе. Гьесул бажари-гьунар бихьидал, Кӏудиямухӏамадов тӏамуна Махӏачхъалаялъул Северияб автовокзалалъул нухмалъулевлъун.\nМухӏамад ккола ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги, ДРялъул транспорталъул мус-тахӏикъав ва РФялъул транспорталъул хӏурматияв хӏалтӏухъанги. Гьал къоязда ниж дандчӏвана Мухӏамадгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Мухӏамад, Халкъияб Собраниялъул депутатлъун иналъе щиб гӏилла букӏараб?\n— Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул лъабго ахӏиялъул депутатлъунги вищун вукӏана дун. Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вищизе кандидатура лъезеги ракӏалда букӏинчӏо. Доб заманалда районалъе нухмалъи гьабулев вукӏарав Пахрудин Мухӏамадовасул гьариялда рекъон, халкъалъги вищун вачӏана гьенивеги.\n— Халкъияб Собраниялъул депутатасда церечӏарал аслиял масъалаби кинал ругел?\n— Аслияб масъала ккола халкъа-лъул мурадал тӏурай. Депутат хӏаким гуро. Амма нижеда кӏола нухмалъиялда вугев хӏаким халкъалъул мурадал тӏуразаризе тӏамизе. Щивав бусурбанчияс хӏаракатги бахъизе ккола лъикӏлъи гьабизе, мунпагӏатавлъун вукӏине. Депутатлъун гьечӏеб заманалдаги кумек гьарун вачӏарав чи дица киданиги нахъчӏвачӏо, яхӏ бахъулаан бажарараб гьабизе.\n— Гъуниб район кидаго букӏана республикаялда бищун церетӏурал районазул цояб. Гьабсагӏаталда щиб хӏал бугеб?\n— Ахирал соназдаги, цо-цо рахъал хӏисабалде росани, мугӏрузул районазда гьоркьоб цебесеб кьерда буго гьеб. Пахрудин Мухӏамадовасги Ахӏмад Мухӏамадовасги гӏезе-гӏан хӏалтӏи гьабуна район цебетӏезабиялъул мурадалда. Гьаб-сагӏаталда гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Мудунхӏажи Къадировас. Гьев районалъул бетӏерлъун вачӏаралдаса гӏемер заман инчӏони-ги бихьулеб буго гьесги хӏалтӏи гьабулеб букӏин. Мисалалъе, нижеца, районалъул нухмалъулелгун цадахъ, къачӏана Гъуниб росдал централияб майдан, гьенибего бачана лъим, цо-цо школазе, больницабазе кьуна цӏиял машинаби, къачӏана ва къачӏалел руго нухал, рагьана ясли-ахал ва гь.ц.. Нухазул бицунаго, баркала загьир гьабизе бокьун буго Иркутскиялда гӏумру гьабун вугев Кӏуяда росулъа Мухӏамадкамил Къурбайловасе. Гьес жиндирго гӏагараб Кӏуяда росулъе 14 километралъул манзилалда нухал, хъилги тӏун, къачӏана. Гьединал рукӏине ккола унго-унгояб къагӏидаялда жиндирго росуги жамагӏатги бокьулел чагӏи. Гьес байбихьараб иш нижецаги гьоркьоб къотӏизе течӏо. Кӏуяда росдал жамагӏаталъ, гӏарацги данде рехун, хъил тӏуна цо-цо кулабахъе ругел нухаздеги. Гъуниб районалъул гъутабазда бегӏерго цебечӏун буго лъел суал. Гьал къоязда ДРя-лъул хӏукуматалъул вице-премьерасулгун букӏараб дандчӏваялдаги борхана дица гьеб суал, ва гьес рагӏи кьуна Цӏияб Бухтиб росулъе артезианалъул лъим бачине 15 миллион гъурущ биччазе.\nРайоналда тӏоритӏулел спортивиял, диниял, культуриял тадбиразеги квербакъи гьабичӏого толаро. Гӏемер чагӏи рачӏуна кумек тӏалаб гьабун, телефоналдасан кӏалъала. Гӏемерисезе хӏажат букӏуна гӏарац. Чиясул мурадалъухъ балагьун, хӏаракат бахъула гьев рази гьавизе. Лъидехунго тӏаса-масагояб бербалагьи букӏунаро. Аллагьасе гӏоло гьабула кинабго.\n— Гьабсагӏаталда церечӏарал масъалаби кинал ругел?\n— Гӏадамазул тӏалабалги хӏисабалде росун, яхӏ бахъизе ккола Гъуниб район республикаялда хӏалтӏулел батӏи-батӏиял программаби-проектазда гъорлъе бачине. Пачалихъалде гӏайиб гӏунтӏизабизе бакӏ гьечӏо, бокьараб рахъалъ кумек гьабулеб буго. Гьедин бугеб заманалда, районалъул нухмалъиялъгун цадахъ, дицаги хӏаракат бахъизе буго.\n— Тахшагьаралъул Севериб автовокзалалдаса аслияб къагӏидаялда маршруткаби хьвадула мугӏрузул районазде. Къватӏире рахъиналде транспорталъул техникияб ахӏвал-хӏалалде балагьулищ? Басриял машинаби хӏалтӏизе риччалищ?\n— Гьелде кутакаб кӏвар кьола. Механикас хал-шал гьабичӏого, гьесул изну гьечӏого цогӏаги машина автостанциялдаса къватӏибе бахъунаро. Хӏинкъи гьечӏеб транспортго гӏадин пассажиразе чӏезаризе ккола шартӏалги. Гьединлъидал автопаркалде машинаби росула цӏияб тайпаялъул. Гьединго кӏвар кьола шофераздеги. Гьел рукӏине ккола хӏалбихьи бугел ва психикияб ра-хъалъ жагъаллъи гьечӏел.\n— Багьаби кин чӏезарулел?\n— Рекӏадухъ багьаби чӏезарула ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул министерствоялъ. Гьелъулгун бугеб къотӏи-къаялда рекъон, нижер ихтияр букӏунаро 10 проценталъ гурого гьел хисизаризе.\n— Чан маршрутка, автобус бугеб автовокзалалда хӏалтӏулеб?\n— 250-300-гӏанасеб маршрутка буго республикаялъул районаздегун росабалъе хьвадулеб. 30 автоубус уна Дагъистан тун къватӏибе. Гьел хьвадула Северияб Кавказалъул регионазде, Сочиялде, хӏатта Крымалдегицин, ай нижер хӏалтӏул логистика гӏатӏидаб буго.\n— Мун ккола эркенаб гугария-лъул рахъалъ спорталъул мастер. Спорталъулгун щиб гьоркьоблъи бугеб?\n— Цӏар рагӏарав спортсмен дир вахъинчӏониги, дица спорталъулгун гьоркьоблъи къотӏизе кидаго течӏо. Радакь вахъун паркалде векеризе уна, хӏалтӏудаса щун хадуб залалде хьвадула, регби хӏала, гугарула. Спорталде дир бугеб рокьи бихьун, вас Шамилицаги тӏасабищана гьебго нух.\n— 2020 соналда рукӏине ругел Олимпиялъул хӏаязда гӏахьаллъизе вугищ Шамил?\n— 2020 соналда Токиоялда тӏоритӏизе ругел Олимпиялъул хӏаязда 86 кг цӏайиялда чемпионлъун вахъине рес букӏана Шамилил. Щайгурелъул гьеб цӏайиялда гьабсагӏаталда абизегӏанасел къуватал спортсменал гьечӏо. Амма бохалъе гӏузру ккеялъ кӏолеб гьечӏо гьесда бугеб гьунаралда рекъон къеркьезе. Бох тӏубанго сахлъани, дица гьесие ургуялде тӏадвуссине квалквал гьабиларо, гӏузругун гугаризеги виччазе гьечӏо.\nЖиндир заманалда Шамил ва-хъана Европаялъул, Россиялъул чемпионлъун, бергьана Иван Ярыгинил турниралда, чӏел босана Универсиадаялда. Дир пикруялда, гьеб гӏунги тӏокӏаб бергьенлъиги буго."}
{"slug": "6742-bergenl-igun-tiadrussana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6742-bergenl-igun-tiadrussana", "title": "Бергьенлъигун тӏадруссана", "date": "2019-12-30 12:12:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13-15 декабралда Севастополалда тӏобитӏараб «IT-Fest» информациязулал технологиязул регионазда гьоркьосеб тӏоцебесеб фестивалалда гӏахьаллъана Россиялъул «Кванториум» абурал лъималазул технопарказул цӏалдохъаби.\nГьенир гӏуцӏун рукӏана батӏи-батӏиял тайпабазул къецал: «InBio» (биология ва экология, гьединго гьел гӏелмабазда цӏех-рехал гьарулаго, инновациялъулал технологиял хӏалтӏизари), «InCity» (гӏакъилаб шагьар, шагьаралъул инфраструктура гӏуцӏулаго, цӏиял технологияздаса пайда боси), «InEducation» (нейротехнологиялда, геймификациялда, рикӏкӏадасан цӏали гӏуцӏиялда ва цогидал рахъазда цӏиял технологиял хӏалтӏизари), «EyePeople» (хӏикматал гӏадамал, EyeTracker абураб технологиялъул кьучӏалда сакъатал гӏадамазе хӏалтӏизаризе санагӏатал приложениял хӏадури) ва гь.ц.\nДагъистаналъул цӏалдохъабаз хӏадурун букӏана шагьаразул къватӏазда видеохалкквей чӏезабиялъул проектги жанив чи гьечӏого, ралъдал тӏинуялъул халгьабулеб аппаратги.\nПроектазулъ хӏалтӏизабураб цӏи-яб къагӏидаялъухъ дагъистаниял мустахӏикълъана «Северсталь» абураб ПАОялъул хасаб призалъе."}
{"slug": "6743-chiagoyab-shagaral-ul-giurchchinab-ragiad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6743-chiagoyab-shagaral-ul-giurchchinab-ragiad", "title": "Чӏагояб шагьаралъул гӏурччинаб рагӏад", "date": "2019-12-30 12:18:10", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Цӏияб Хушет поселокалда бугеб «Декоративные культуры» ЗАО ккола гьаб заманалда къанагӏат гурони гьечӏел магӏишатазул цояб. Гьал къоязда гьелъул директор Халид Халидбегов вачӏун вукӏана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.\n— Халид, кида ва щиб мурадгун гӏуцӏараб дуца нухмалъи гьабулеб магӏишат-питомник?\n— Декоративиял гъутӏбузул, хъархъазул, тӏугьдузул рекьулел материалал гӏезариялъул мурадалда, 1977 соналдаго гӏуцӏун букӏана гьеб.\n— Нужер мисалалда хӏалтӏулел магӏишатал гӏемер ругищ Дагъистаналда?\n— «Горзеленхоз» гӏуцӏиялъул букӏана ва гьабсагӏаталдаги буго жидерго питомник. Гьеб буго Дербент районалъул «Самур» лесхозалъулги. Амма наккугӏанги гӏемер руго цогидал регионаздаса, къватӏисел пачалихъаздаса босун нилъер гьениб гьеб бичулел, батӏи-батӏиял цӏаразда гъоркь хӏалтӏулел ругел «озеленителал – дизайнерал».\n— Жакъа къоялда щиб гьоркьобе бачунеб нужер питомникалъ, лъица босулеб хӏадур гьабураб материал?\n— 50 гектар ракьалда гӏезабула гьеб. Хӏалтӏухъабазул вуго къогогӏанав чи. Нижер хӏалтӏи буго, аслияб куцалда, квераз гьабулеб. Гьединлъидал техникаги нижее гӏемер хӏажалъуларо. Гьеб босула нилъер шагьаразул предприятияз, организацияз, больницабаз, школаз, жалго гӏадамаз.\n— Щиб заманалда гьеб бичулеб ва исана кигӏан къадар гьелъул бичараб?\n— Бичула риидалил моцӏаз ва октябралдаса байбихьун декабрь лъугӏизегӏан. Исана нижеца гьеб бичана цо млн гъурщиде.\n— Гӏурччинлъиялъул рахъалъ Махӏачхъалаялда бугеб ахӏвал-хӏал кинаблъун бихьулеб дуда?\n— Нормабазда рекъон, шагьаралда гӏумру гьабун вугев цо чиясе букӏине ккола гӏурччинлъиялъул 20-25 кв метр. Кӏудияв специалист гьечӏониги, бичӏчӏизе кӏола хӏажаталъул 30 процент гурони нилъер гьаниб гьечӏеблъи.\n— Советияб заманалда тахшагьаралда букӏана гӏемераб гӏурччин-лъи. Щиб гӏиллаялдалъунха гьанже гьадин ккараб?\n— Доб заманалда кирго рукӏана хӏалтӏи лъалел ва хӏалтӏулел специалисталги, гӏадлу-низамалъул магӏна бичӏчӏулел, жавабчилъи бугел хӏакимзабиги. Дир пикруялда, гьаб заманалда пачалихъалъул идарабазда цӏакъго дагьлъун руго лъугьун бугеб хӏал бичӏчӏулел, гьеб хисизабизе бажари бугел хӏалтӏухъаби. Букӏине кколеб хӏалалда шагьар гӏурччин гьабулеб букӏарабани, нижер гӏадинаб магӏишат гьаниб къваригӏунаан 10, ялъуни нижераб кӏодо гьабизе кколаан 10 нухалда.\n— Тахшагьаралда гӏемерлъулел руго жалго бетӏергьанал предприятиял, батӏи-батӏиял кӏалгӏаби. Гӏурччинлъиялъул тӏалаб букӏу-нищ гьединазул рахъалдасан?\n— Гӏемерисезул букӏунаро. Тӏалаб бугезги, дизайнеразул кумекалда-лъун, гьеб бачӏинабула къватӏисел пачалихъаздаса. Бачӏараб мехалда гьеб букӏуна берцинаб, чӏухӏараб, амма кӏиго-лъабго лъагӏалидасан лъугӏула гьелъул иш. Масала, гӏурус учительницаялъе бараб памятникалда аскӏор чӏун рукӏана батӏи-батӏиял тайпабазул берцинал гъутӏби. Гьанже кирха гьел ругел? Киналго ракъвана, нахъе рехана. Гьединал мисалал гӏемер руго.\n— Мисалалъе, пуланав дагъистаниясе къваригӏун буго декоративияб гъветӏ ялъуни хъарахъ босизе. Щиб гьес гьабизе кколеб?\n— Гьев вачӏине ккола нижер питомникалде. Гьениб нижер специалистаз гьесда рихьизарула батӏи-батӏиял гъутӏби, хъархъал, тӏугьдул, кьола бокьараб баян, гьабула хӏажатаб кумек. Баянал мухӏкан гьаризе бегьула гьаб номералде 8.989-881-31-93 кӏалъанги."}
{"slug": "6745-muftiyase-gudull-iyal-ul-orden", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6745-muftiyase-gudull-iyal-ul-orden", "title": "Муфтиясе – Гьудуллъиялъул орден", "date": "2019-12-30 13:28:36", "categories": ["barkiyal"], "text": "РФялъул президент Владимир Путинил Указалда рекъон, Гьудуллъиялъул орден кьуна ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи-афандие.\nДагъистаналъул гӏалимзабазул Советалъул председатель гьеб шапакъаталъе мустахӏикълъана рухӏиялгун культуриял гӏадатал цӏунаралъухъ ва церетӏезаруралъухъ, гьединго халкъазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи щула гьабиялъул мурадалда гьабулеб бугеб хӏалтӏухъ.\nГьал къоязда Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевас тӏобитӏараб данделъиялда, муфтиясул каранда гьеб орденги бан, регионалъул нухмалъулес абуна:\n«Нилъер республикаялда гӏумру гьабулеб буго батӏи-батӏиял миллатазул ва батӏи-батӏиял диназул вакилзабаз. Гьезда гьоркьоб унго-унгояб гьудуллъи букӏинабиялъеги гьеб цӏуниялъеги гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго диниял идарабазги гьезул церехъабазги. Гьеб гьедин букӏин нилъеда бихьана Дагъистаналъе ва гӏаммаб къагӏидаялъ Россиялъего рукӏарал захӏматал соназда. 20 соналъ цебе республикаялде рачӏун рукӏарал «ахӏичӏел гьалбадерие» мустахӏикъаб къимат кьуна дагъистанияз. Гьелъул хӏакъалъулъ Дагъистаналде вачӏиндалги бицана улкаялъул президент Владимир Путиница ва республикаялъул муфти Ахӏмад-афандиеги ягьудиязул общинаялъул советалъул председатель Валерий Дибияевасеги Гьудуллъиялъул орден кьеялъул указалдаги гъоркь гъулбасана», — ян.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи-афандиясда гьеб тӏадегӏанаб шапакъат, гьарула сахлъи ва хӏалтӏулъ бергьенлъаби."}
{"slug": "6748-zhivgo-giatiirakalda-raki-giagaral-mugiruzda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6748-zhivgo-giatiirakalda-raki-giagaral-mugiruzda", "title": "Живго гӏатӏиракьалда,ракӏ – гӏагарал мугӏрузда", "date": "2019-12-30 14:05:49", "categories": ["insan"], "text": "Шабанов Мухӏамад гьавуна 1963 соналда Шамил районалъул Тӏелекь росулъ. 1970-1980 соназда цӏалана Гъизилюрт шагьаралъул №4 гьоркьохъеб школалда. Цӏалана Гагарин шагьаралъул зооветеринарияб техникумалда, Бизнесалъулгун правоялъул халкъазда гьоркьосеб институталда, ДГУялъул юридикияб факультеталда, РФялъул президентасда цебе бугеб Россиялъул пачалихъияб хъулухъалъул академиялда.\nХӏалтӏизе байбихьана 1980 соналда. Хӏалтӏулев вукӏана Гъизилюрт районалъул батӏи-батӏиял идарабазда ва хъулухъазда. 1994-1999 соназда вукӏана Гъизилюрт шагьаралъул собраниялъул депутатлъун ва 1999-2003 соназда – ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги.\n2013 соналъул июналда Мухӏамад вищана «Гъизилюрт район» муниципалияб района-лъул администрациялъул бетӏерлъун ва 2016 соналъул сентябралдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Гъизилюрт районалъул бетӏерлъун.\nМ. Шабанов ккола «Партия Роста» абураб Тӏолгороссиялъул партиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб отделениялъул председательги. Гьев вуго экономикиял гӏелмабазул кандидат, ДРялъул мустахӏикъав экономист, ДГТУялъул кафедраялъул заведующий.\nМухӏамад мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьезда гьоркьор руго Бахӏарчилъиялъул ва «Дагъистаналъе гӏоло гьабураб хӏаракаталъухъ» абурал орденалги.\nДир цевегосев гьудул, пишацояв, пикруцояв, кидаялиго коррупциялде данде къеркьолезул цебесеб кьерда вукӏарав «Хъахӏаб рукъалъул» чиновник Гӏалибег Гӏалиев мех-мехалда вачӏуна «Хӏакъикъат» газеталде, загьир гьарула нижер хӏалтӏуда тӏасан жиндирго пикраби, гьарула пайдаял малъа-хъваял, кантӏизариял.\nБищунго аслияб жо — Гӏалибег вуго ракӏ-ракӏалъ магӏарул халкъги гьелда хурханщинабги бокьулев чи, унго-унгояв патриот.\nЛъикӏаб пикру баккани, газеталъул гьурмазда вукӏине мустахӏикъав чи ракӏалде щвани, кӏутӏун дихъе яги цоги хӏалтӏухъабазухъе ахӏун бачӏуна гьес.\nГьале чанго къоялъ цебеги ахӏана Гӏалибегица жив Гъизилюрталде ине вугила «Шагьаралъулаб санагӏатаб сверухълъи» абураб программаялда рекъон Цӏияб Чӏикӏабги Цӏобокь-Миякьобги объектал рагьиялда бан тӏоритӏулел тадбиразда гӏахьаллъизе.\n— Унго-унгояв магӏарул бихьинчи ва бажари бугев нухмалъулев вихьизе, лъазе бокьун батани, метер «маххул чуял» кьолозе руго Гъизилюрталде, — ян абуна разиго Гӏалиевас. — Нужер подпискаялъеги кумек гьабизе буго Мухӏамад Хӏажиевичас, дудаго бихьизе буго.\n…Радалго сапаралде рахъана ниж.\nЛъикӏаб, роцӏараб къоги бачӏана, хабар-кӏал гьуинав Гӏалибегица ракӏги гъезабулеб букӏана. Бицунги, рагӏунги, цо нухалъ вихьунги лъикӏаб пикру жиндехун бижарав районалъул бетӏер Мухӏамад Шабановас подпискаялъе чӏаголъи гьабунадай, кӏиго анкьалъ цебе кьураб рагӏи ккунадай абурал пикрабалъ дунги вукӏана.\nЦӏияб Чӏикӏаре щолеб мехалда Гӏалибегихъе кӏалъан вачӏана Мухӏамад. Гьезул хабар нижедаги рагӏулеб букӏана. Шабановас гьасие суал кьолеб бугоан жакъа рагьулеб парк щиб бакӏалда бугебали лъалищан. Лъаларин гьес абидал, лъабго-ункъо соналъ цебе гӏадамазул гӏарзазда рекъон мунги вачӏун, дуца сверухълъиялдаго ахӏиги бахъинабун, коммерсантаздаса цӏунизе кӏвараб ракь щайила дуда лъаларебин лъугьана районалъул бетӏер.\nРакӏ-ракӏалъ вохана гьеб хабаралдаса Гӏалибег ва бицана ресги санагӏатги бугел коммерсантаздаса цӏиябчӏикӏасезе гьеб ракь цӏунулаго, жиндаго бихьанщинаб къоги гьениб букӏараб кутакаб къеркьейги.\nДицаго пикру гьабуна чан чиясул мурадха тӏубазабун батилеб гьав, ракӏ лъикӏав, хӏалимав, велъун гурони нилъеда кӏалъаларев, амма къо ккаралъув согӏав, ритӏухъав, халкъалъе гӏоло бокьараб къуватгун къеркьезе хӏадурав чиновникасилан. Бадибе – рецц, роциб – малин абулелъулха, гьасда дица щибго жо абичӏо, амма гьудуласдаса чӏухӏиялъулги разилъи-ялъулги асар рещтӏана рекӏелъ. Гӏабдулатӏиповасул командаялда гьоркьов бищунго хӏаракаталда хӏалтӏулев чи вукӏана Гӏалибег Гӏалиев.\n…Рикӏкӏадасанго рихьана гӏеме-\nрал гӏадамалги цо гӏажаибаб чӏаголъиги.\nГьале живго Шабановги – щивав чиясул квер босулев, киназего махсара-хочӏ гьабулев, гьимулев. Кутакалда кӏудияб адаб-хӏурмат гӏадамазги гьабулеб бугоан гьесул.\nГӏалибег вихьаравго, Мухӏамад нижеде данде вачӏана ва дурго къеркьеялъул хӏасил бихьизе дида хадув вилълъаян, живго кӏигогӏан халатав гьевги вехъерхъун, цо рахъалде ана.\nМашааллагь, проекталъул кутак, паркалъул берцинлъи, квегӏенлъи, скамейкабазул цӏваки, гӏадамазул гьурмазул гвангъи.\nРагӏи кьуна районалъул бетӏер, «Партия роста» абураб федералияб партиялъул регионалияб отделениялъул председатель, экономикиял гӏелмабазул кандидат, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Мухӏамад Шабановасе.\n— Республикаялдаго бергьенлъиялда гӏумруялде бахъинабулеб «Мой Дагестан. Комфортная городская среда» абураб программаялде гъорлъеги лъугьун, хӏаракатго хӏалтӏулел руго нилъер районалъул росабиги,-ян абуна М. Шабановас. — Гьелъие гвангъараб нугӏлъилъун ккола жакъа Цӏияб Чӏикӏаб росулъ рагьулеб гьаб гьайбатаб паркги. Дие бокьун буго гьаб проекталда гӏахьаллъи гьабурал тӏолазего баркала загьир гьабизе. Хасго баркала кьезе бокьун буго росдал цӏияв бетӏер Ражаб Хамуевасе. Лъабго моцӏалъ тӏадчӏун хӏалтӏана гьев рехсараб проект гӏумруялде бахъинабизелъун. Гьале ахирги кӏвана гьадинаб берцинлъи гӏуцӏизе. Кӏудияб баркала буго росдал гӏадамазе, жамгӏиял хӏаракатчагӏазе. Парк рагьараб гӏоларо, гьаб цӏунизе-ги ккола, бацӏцӏадго чӏезабизеги ккола. Нилъеда лъала кинаб къоги бихьун нилъеца гьаб ракь коммерсантаздаса нахъе босарабали.\nРохалилаб тадбиралда кӏалъазе рахъарал хӏукуматалъул вакил Гӏалибег Гӏалиевас, росдал гьоркьохъеб школалъул директор Ума Хӏажиевалъ, цеве вукӏарав районалъул бетӏер Мухӏамад Дадаевас ва цогидазги лъикӏаб къимат кьуна рехсараб проекталъе.\nПарк рагьиялда бан тӏобитӏулеб рохалилаб тадбир ана кутакалда берцинго, кӏалъаял рукӏинчӏо ххвалиего гьарулел, рагӏаби рукӏана рекӏелъе рортулел. Халкъалъ – гӏисиназги чӏахӏиязги – Мухӏамадиеги гьесул гъункараб командаялъеги кьолеб букӏана мустахӏикъаб, хӏакъикъияб къимат. Цо-цо рекӏел асар, ай эмоциял кквезе кӏвечӏого, цӏакъго Мухӏамад веццизе лъугьаразда районалъул бетӏерас абулеб букӏана: «Дир бицине гуро жакъа нилъ гьанир ракӏарарал, паркалъул, сверухъ бугеб берцинлъиялъул бицине. Гьадинаб рес нилъее кьурал Россиялъул президентасе, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Гӏабдугӏалиевичасе кье баркала, нилъеде ягъунги, ахӏдонги, бадирчӏваял гьарунги гьаб иш гӏужда рагӏалде бахъинабизе бокьун букӏарай Рукъият Ахӏмадовалъе кье баркала».\nХадуб школлъималазги чӏахӏиязги парк рагьун чӏоло къотӏана. Разиял гьаркьаз ханлъи гьабулеб букӏана сверухълъиялда…\nХадусеб нижер сапар букӏана гьединабго паркги росдае кӏвар бугел цоги объекталги ралеб Цӏобокь-Миякьоб росулъе. Кутакалда хӏадурлъун ругоан тадбиралде гьенирги. Хасго школалъул цӏалдохъаби. Цо берцинаб сценарийцин ургъун бугоан гьез. Цӏалдохъабаз бицун лъана Цӏобокь-Миякьор гьарурал пайдаял ишазул тӏубараб сияхӏ. Мисалалъе, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасул хӏаракатчилъиялдалъун гӏумруялде бахъинабун буго «Бакӏалъулаб хӏаракатчилъи» абураб кӏудияб проект, «150 школа» абураб проект, «Современная школа» абураб Генералияб проект, Школалъулаб къотӏноб тӏун буго хъил, тӏадбан унеб буго волейболалъулгун баскетболалъул цӏиял майданал гьариялъул хӏалтӏи.\nРохалилаб тадбиралда кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏерас ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьел киналго проектазда тӏад хӏалтӏарал росдал гӏадамазе, жамгӏиял хӏаракатчагӏазе, росдал бетӏер Гӏабдулгӏазиз Султӏановасе, гьесул заместитель Тӏагьирие, депутат Зайнулае, Мухӏамадхӏажи Къадиевасе, Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал Мухтар Оздеаджиевасе, Мурад Пайзулаевасе, школалъул директор Патӏимат Къадиевалъе ва гӏемерал цогидазеги.\n— Хириял Цӏобокь-Миякьоб росдал гӏадамал, тӏаде рачӏарал гьалбал, цӏалдохъаби, жакъа нилъ ракӏарун руго росулъ паркги цогидал объекталги рагьиялда бан тӏобитӏулеб рохалилаб данделъиялде, — ян байбихьана жиндирго кӏалъай районалъул бетӏер ва тӏолалго ишазул цевехъан, хӏаракатчи Мухӏамад Шабановас — Баркала нилъер республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасе гӏадамазул гӏумруги рукӏа-рахъинги цебетӏезабиялде кьолеб щибабкъойилаб кӏваралъухъ. Кинабго нилъеца гьабулебщинаб жо буго гьесул тӏадкъай тӏубазабиялъе , «Мой Дагестан. Комфортная городская среда» абураб программа бергьенлъиялда гӏумруялде бахъинабиялъе гӏоло.\nДун жакъа лъикьаго нечечӏого, бацӏцӏадаб намусгун районалъул бокьараб росулъе уна, щай абуни цониги росу гьечӏелъулха дир берзукьа борчӏараб, хӏукуматалъул рахъалдаса кумек щвечӏеб. Щибаб росулъ ралел руго цӏиял объектал, гӏуцӏулел руго гӏумру гьабиялъе хӏажалъулел тӏолалго шартӏал. Руго сахаватал, яхӏ бугел гӏадамалги жавабиял нухмалъулелги. Мисалалъе. гьаб парк гьабулаго унго-унгояб хӏаракатчилъи бихьизабуна нужер росдал бетӏерас. Лъабго моцӏрол харж кьеялде тӏадеги, гьес валагьана спонсорги. Спонсорас кьуна гьаб ишалъе 700 азарго гъурущ ва гьарана жиндир цӏар рехсогейилан, ай Аллагьасдаги жиндаги гьоркьоб тейила гьеб. Аллагь разилъаги гьединал гӏадамаздаса.\nРосдал гӏумруялъулъ гьабулеб хӏаракатаб хӏалтӏуе гӏоло района-лъул бетӏерасе Хӏурматалъулал грамотабиги баркалаги кьуна района-лъул имамасги росдал бегавуласги.\nЛъугӏана официалияб тадбир.\nМажгиталда рузманги бан, росдал бегавуласул гьариялда рекъон, ниж ана къаде кваназе.\nМухӏамад Шабановас нижер лъай-хъвай гьабуна жиндирго командаялъулгун. Гьел ругоан Да-гъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал — лъарагӏав Мухтар Оздеаджиев, магӏарулав, Шамил районалъул Хучада росулъа Мурад Пайзулаев, Цӏобокь-Миякьоб росдал бетӏер Гӏабдулгӏазиз Султӏанов ва районалъул идарабазул хӏалтӏухъаби. Щивасе рагӏиги кьолеб, щивасул рахъалъ хинаб рагӏиги абулеб букӏана районалъул бетӏерас.\nГьаниб кӏиго рагӏи подпискаялъулги абичӏого гӏоларо.\nЧан газета хъвазе бокьун бугебилан гьикъана гьес дида.\nДурго ракӏ билълъараб, администрациялъул ресалда рекъараб гьабеха, Мухӏамадин, дица кьураб жаваб гьесие бокьичӏо.\n— 50 газета цин хъвазе буго магӏаруллъиги хирияв, магӏарулалги рокьулев дирго гьудул Гӏалибег Гӏумаровичасе гӏоло. Араб соналъ кигӏан букӏараб?\n— Дагьаб къадар букӏана – къоло щуго.\n— Исана кигӏан гьабилеб?\n— Цо нусго жо гӏела.\nГьедин дица абидал, нусго жидеца цебего хъваниланги абун, района-\nлъул бетӏерас администрациялде ахӏана. Лъабнусго экземпляр хъван бугоан «Хӏакъикъаталъул» Гъизилюрт районалда, шагьар малъичӏого.\nСагӏаталдасаги цӏикӏкӏун заман\nбана нижеца Цӏобокь-Миякьоб росдал бегавуласул ашбазалда. Хӏалтӏулги, хӏасилазулги, цере чӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ бицана, гӏаданлъиялъул, гьудуллъиялъул рехсезеги кӏоченчӏо.\n— Дица кадраби тӏаса рищулеб куц лъалищ нужеда? — йилан гьикъана Шабановас, вукӏаралъуса вахъун.\n— Бицани лъалаха, — ян нижецаги жаваб кьуна.\n— Дун бокьараб гӏиллаги балагьун, багьанаги цӏехон, росдал бутӏрузухъе гьоболлъухъ уна. Гьездаги ккола дун жидехъе гӏицӏго хинкӏ-чед квинеги чай гьекъезеги вачӏарав чийилан. Амма дир батӏияб мурад букӏуна — дун балагьула гьав чиясул рокъоб бугеб ахӏвал-хӏалалде, къватӏиб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялде. Гьечӏищ гьеб киналъулъго гӏадатиябниги гӏадлу-низам – гьединав росдал бетӏер дие думалъго данде кколаро. Жиндирго рокъоб гӏадлуги гӏадатиябниги магӏишат-яшавги гӏуцӏизе кӏоларев чиясдаса росдаеги букӏунаро пайда. Гьелда дир ракӏчӏараб буго.\nДир бугеб цо кӏудияб анищги бицинищ нужеего?\nДирго гӏагараб Шамил районалъе дихъа бажарараб, кӏвараб кумек гьабизе. Дун цӏалулевги, хӏалтӏулевги, гӏумру гьабулевги аслияб къагӏидаялда гӏатӏиракьалда вукӏана ва вуго. Амма дида ракӏчӏун лъала дир ахир вуссунеб бакӏ лъоба магӏарухъ букӏин, дир анкьумумузул, бищун дие хириял чагӏазул хабал гӏагараб Тӏелекь рукӏин.\nГӏемерав ургъана ва жакъаги ургъулев вуго дун гьав лебалав, жигарав, жиндир гӏумруялда жаниб чанги жо бихьарав, хӏехьарав, саламатал ишал гьаризеги гьайбатал лъалкӏал тезеги кӏварав магӏарул Бихьинчиясул, Инсул, Нухмалъулесул, ккараб бакӏалда, Рагъухъанасул рагӏабазда тӏад.\nГьасие дагь буго анцӏ-анцӏ соназ жинцаго гьабулеб лъикӏлъи, гӏаданлъи, гӏадамазе жиндаса къойилго щолеб кумек, ккаралъуб битӏулеб квер.\nГьасул ракӏ мугӏрузда буго, гьеб хӏалакун буго тӏелкьадериеги тӏолалго ракьцоязеги хъулухъ гьа-бизе."}
{"slug": "6788-madugalzabazulgun-bukhenal-shchulal-ila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6788-madugalzabazulgun-bukhenal-shchulal-ila", "title": "Мадугьалзабазулгун бухьенал щулалъила", "date": "2020-01-09 13:21:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Мухӏарамкент районалда рагьана цӏияб кьо. Гьеб бана Самур гӏоралда тӏад, 2013 соналда Азербайжаналъги Россиялъги гьабун букӏараб къотӏиялда рекъон. Кьоялъул буго 325 метр халалъи 17 метргун бащдаб гӏеблъи. Кьо бана Россиялъги Азербайжаналъги бащадго гӏарацги хӏалтӏизабун.\nКьо рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана РФялъул экономикияб цебетӏеялъул министр Максим Орешкин, ДРялъул бетӏер Владимир Васильев, Азербайжан Республикаялъул премьер-министрасул заместитель Шагьин Мустафаев.\nБагӏараб чӏоло къотӏун хадуб, Шагьин Мустафаевас абуна: «Гьаб кьоялъ цолъизарула, Самур гӏурул кӏиябго рагӏал гуребги, кӏиябго улкагун гьезул халкъалги. Гьаб бакӏалдасан хьвадула аслияб къагӏидаялда юк баччулеб транспорт. Дир ракӏчӏола, гьаб гьудуллъиялъулгун вацлъиялъул кьо бугеблъиялда», — ян.\nМаксим Орешкиницаги баркана цӏияб кьо рагьи ва баркала кьуна гьеб балаго хӏаракат гьабурал хӏалтӏухъабазе. «Гьаб проекталъул кӏудияб тарих буго. Расги бигьа букӏинчӏо гьеб гӏумруялде бахъинабизе. Ахирги нилъее рес щвана цӏияб кьо рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъизе. Гьанисан гӏадамалгун машинаби хьвадила, дармил мурадалда гуребги, туристазеги санагӏатаб нух лъугьина гьанисан. Гьединал бухьеназ щулалъизабизе буго халкъазул гьудуллъиги», — ян абуна министрас.\nВладимир Васильевас, тадбиралъул гӏахьалчагӏазе салам кьолаго, кӏварбуссинабуна божилъиялде. «Божилъиялъул кьучӏалда гӏуцӏула бухьен, улкабазул халкъазул бухьеназ церетӏезарула пачалихъал. Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги руго гӏемеррахъазулал бухьенал: цоцалъ журарал хъизамалги гӏаммаб тарихги. Баркала буго гьаб байрамалъе квербакъарав щивав чиясе!» — ян абуна гьес.\nБаркиялъул кӏалъай гьабуна Россиялда вугев Азербайжана-лъул посол Полад Бюльбюл-Оглицаги.\nГьелдаса хадуб цӏияб кьодасан ана тӏоцересел машинаби."}
{"slug": "6791-majdan-tsii-gabuna-tsiiyab-sonalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6791-majdan-tsii-gabuna-tsiiyab-sonalde", "title": "Майдан цӏи гьабуна цӏияб соналде", "date": "2020-01-10 07:02:20", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана ноябралда байбихьун букӏана тахшагьаралъул аслияб майдан къачӏазе. Цӏияб сон тӏаде щвелалде, гьеб къачӏанги бахъана. Цӏигьабун къачӏараб майдан рагьиялъул рохалилаб тадбирги тӏобитӏана ва гьебги байбихьана багӏараб чӏоло къотӏиялдасан…\nГьелдаса хадуб рагьана «Ракӏалдещвеялъул ах – гӏумруялъул ах» абун цӏар кьураб, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзал ракӏалде щвезариялъул ахги. Гьениб республикаялъул щибаб районалъул ва шагьаралъул вакилзабаз чӏана 54 гъветӏ.\n— Майдан къачӏазе гӏарац Москва шагьаралъул мэриялъ биччан букӏана. Гьеб ккола Дагъистаналъе гьабураб кӏудияб сайгъат.\nРоссиялъул президентасул гьариялдалъун Москваялъул мэр Сергей Собяниница биччана гьаб майдан къачӏаялъе гӏарац, — ан абуна Владимир Васильевас.\nЖеги гьеб къачӏазе буго 14 халичаялъул суратазда къоноги гӏодоб ккун. Гьабсагӏаталда гьениб буго цохӏого цо нугъаязул халичаялъул сурат.\nГьединго тадбиралде рачӏаразда Цӏияб соналъул байрамги цӏигьабун къачӏараб майдан рагьиги баркана шагьаралъул бетӏер Салман Дадаевасги, Республикаялъул херазул советалъул председатель Гӏабдула Мухӏамадовасги ва цогидазги. Гьес баркала загьир гьабуна Москва шагьаралъул мэриялъе ва Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасе.\nГьеб къоялъ майданалда чӏезарун рукӏана цӏиял автобусалги хехаб кумекалъул машинабиги. Гьел кьуна республикаялъул районазул ва шагьаразул школазегун больницабазе."}
{"slug": "6794-khiurmatiyal-magiarulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6794-khiurmatiyal-magiarulal", "title": "Хӏурматиял магӏарулал!", "date": "2020-01-10 07:20:29", "categories": ["barkiyal"], "text": "Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда тӏаде щвараб цӏияб, 2020 сон.\nАллагьас баракатаб ва талихӏаб батаги гьаб.\nАраб сон нилъее букӏана батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб. Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь гӏумруялде рахъинаризе кӏвана батӏи-батӏиял миллиял проекталгун программаби.\nГьаб соналдаги дагьал гьечӏо республикаялъул халкъалъул гӏумру-яшав лъикӏлъизабиялъул мурадалда гьаризе тӏаде росарал масъалаби. Хьул буго цадахъ лъугьун нилъеда гьел тӏуразаризе кӏвелилан.\nГьарула щивав чиясе, щибаб хъизамалъе сахлъигун рохел, рокъоб парахалъи, гьабулеб ишалъулъ икъбал, битӏккей."}
{"slug": "6795-kumek-khekhgo-shchvela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6795-kumek-khekhgo-shchvela", "title": "Кумек хехго щвела", "date": "2020-01-10 07:23:33", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда республикаялде вачӏун вукӏарав РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботаревги ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги гӏахьаллъана МЧСалъул ситуативияб центр рагьиялъул тадбиралда.\nСитуативияб центр рагьана 29 декабралда Махӏачхъалаялда. Централъул гӏаммаб гӏатӏилъи буго 3500 квадратияб метр. Гьенир рукӏине руго: «112» цогояб номералде кӏалъараб мехалда кумекалъе рахъине кколел киналго хъулухъал. Гьенибго букӏине буго ДРялъул МВДялъул ГИБДДялъул административияб низам хвезабиялъул хӏужабазул хъвай-хъвагӏай ва РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб Бетӏераб управлениялъул гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал ккараб мехалда нухмалъи гьабулел централги.\n«Дир бизнес» абураб цӏаралда гъоркь хасаб центр рагьия-\nлъул тадбиралдаги гӏахьаллъана Сергей Чеботаревги, Владимир Васильевги, ДРялъул хӏукуматалъул вакилзабиги.\n«Дир бизнес» абураб центр рагьи ккола «Гӏисинаб ва гьоркьохъеб предпринимательство» абураб миллияб проект гӏумруялде бахъинабиялъул цо бутӏа.\nГьениб В. Васильевас ракӏалде щвезаруна ахирал соназда Дагъистаналда тӏоритӏарал тадбиралги, гьарурал ишалги ва абуна, кинабго гьабулеб бугин дагъистаниязул гӏумру цебетӏезабиялъул мурадалда.\n— 2012 соналдаса нахъе нилъер букӏана анлъго кӏудияб бизнес-проект, амма гьезул цонигияб гӏумруялде бахъинчӏо. Гьел лъугьана цебеккун букӏараб нухмалъиялъул рахъалъ рагьарал уголовниял делабазул эпизодаллъун.\nНилъехъа «бацӏцӏад гьабун» бажарана гӏицӏго «Мараби» абураб проект. Кватӏичӏого гьеб хӏалтӏизе байбихьизе буго. Гьал къоязда проекталъул бетӏергьанлъун кколев чияс Сбербанкалъухъа босана 600 млн гъурущ налъи. Гьеб буго лъикӏал хӏасилал кьезе рес бугеб проект. Жеги анлъго инвестициязулаб проектги буго хӏадур гьабулеб, — ан бицана регионалъул нухма-лъулес.\nВ. Васильевас абуна, РФялъул Экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъ гӏуцӏараб рейтингалда рекъон, Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан ичӏабилеб бакӏалда бугин ва республикаялъе щвараб цо миллиардгун 260 млн гъурщил гранталъ цебетӏеялъе жеги квербакъилин абун."}
{"slug": "6796-kherazul-sovetal-ul-dandel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6796-kherazul-sovetal-ul-dandel-i", "title": "Херазул советалъул данделъи", "date": "2020-01-10 07:26:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 декабралда тӏобитӏана ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб Херазул советалъул данделъи.\nГьениб Владимир Васильевас бицана ахираб заманалда рукӏарал дандчӏваязулги ккарал хӏасилазулги хӏакъалъулъ.\n— Ункъабго территориалияб округалъул Херазул советазул вакилзабигун дандчӏвана дун. Гӏенеккана гьез бицунелъухъ. Нилъеда церечӏарал масъалаби бигьаял гьечӏо, амма киналго цадакъ рекъон хӏалтӏани, гьел тӏуразарун бажарула.\nИсана къабул гьабуна бюджет. Депутатазда бичӏчӏана гьеб халкъияблъун букӏин. Нилъер хӏалтӏул аслияб къагӏида буго ритӏухълъи цӏуни. Дида абулеб букӏана, бюджет хӏалтӏизабизе бегьилаанин экономикиял рахъал церетӏезаризе. Нилъецайин абуни, гӏарац биччалеб буго социалияб рахъ цебетӏезабиялде. Щайгурелъул налогал ракӏарун щвараб гӏарац хӏалтӏизабизе ккола халкъалъул гӏумру лъикӏлъизабиялъе, — ян бицана В. Васильевас.\nДанделъиялда бицана республикаялъул экономикагун социалиял рахъал церетӏезариялъе квербакъулел проектал гӏумруялде рахъинариялъул хӏакъалъулъги."}
{"slug": "6797-terek-galagab-gior", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6797-terek-galagab-gior", "title": "Терек – гьалагаб гӏор", "date": "2020-01-10 07:32:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул вице-премьер Гӏабдул-муслим Гӏабдулмуслимовас тӏоби-тӏараб данделъиялда бицана ихдал гӏорал щвеялъул хӏасилалда зарал ккунгутӏиялъул мурадалда гӏуцӏизе кколел тадбиразулги 2019 соналда гьеб рахъалъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазулги хӏакъалъулъ.\nГӏорал щвеялдалъун зарал кколел Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго анцӏабилеб бакӏалда. Бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун рикӏкӏуна Терек гӏор. Гьеб рагӏаллъабаздаса къватӏибе кӏанцӏани, зарал ккезе бегьула Бабаюртги Гъизлярги районазда гӏумру гьабулев 20 азарго чиясе.\nГӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимо-вас ракӏалде щвезабуна 2002 сон. Гьеб мехалда гьалаглъараб Терека-лъул балагьалдалъун республикаялъе гьабуна кӏигогун бащдаб миллиард гъурщил зарал. Исана гьеб ва Самур, Аксай, Курах, Уллучай, Ахъташ ва цогидалги гӏоразул балагьалдаса цӏуниялъул мурадалда гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъги бицана вице-премьерас.\n2020 соналда гьаризехъин ругел ишазул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас. Гьес абуна Терек гӏоралъул тӏинуялда хадуб халкквей букӏинабизе кколинги.\nИсана тӏатана хӏинкъи бугеб 20 бакӏ: 18 – Терекалда ва кӏиго – Сулахъалда. Гьелде тӏадеги, дагьалъ цебе халгьабураб мехалда, жагъаллъун батана жеги 23 бакӏ.\nХӏинкъи цӏикӏкӏарал гӏоразда гьоркьобе уна Самурги. 2018 соналда гьелъ зарал гьабун букӏана Ахти районалда бугеб къогониги минаялъеги газалъул мухъалъеги. 2020 соналда гьелъул рагӏаллъаби щулалъизариялъе тадбирал гьаризе ругин бицана министрас. Гьединабго хӏалтӏи гьабизе буго Аксай гӏоралдаги.\nГӏор щвеялдалъун зарал ккезе бегьулел росабазул хӏакъалъулъги бицана данделъиялда. Гьединазда гьоркьор рехсана Кьорош (Чӏарада район) ва Шагьикь (Цӏунтӏа район) росабиги.\nДРялъул бетӏерасулги ДРялъул хӏукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "6798-aralda-khadub-raki-khvelaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6798-aralda-khadub-raki-khvelaro", "title": "Аралда хадуб ракӏ хвеларо", "date": "2020-01-10 07:35:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Экономикаялъул ва политикаялъул рахъалъ араб соналъе цо-кӏиго рагӏиялдалъун чӏванкъотӏараб къимат кьезе захӏмат буго. Щайгурелъул халкъалъул гӏумруялъулъ ккарал лъугьа-бахъиналги батӏи-батӏиял ругелъулха.\nДагъистаналъул хӏукуматалъул бетӏер Артем Здуновас абухъе, 2019 соналъ республикаялъул экономикаялъул цебетӏей борцуна 1,1 проценталдалъун. Гьеб гӏей гьечӏеб бугин абизе бегьиларо, щайгурелъул арал соназде дандеккун гӏемерал субъектазул гуро бугеб гьедигӏанабцин цебетӏей. Мисалалъе, Россиялдаго 2018 соналда гӏадамазул харжал цӏикӏкӏине кколел рукӏун ратани 3,4 проценталъ, хӏакъикъаталдаги цӏикӏкӏана гӏицӏго 0,5 проценталъ.\nЭкономикияб цебетӏеялъул хӏасиллъун, лъалеб букӏахъе, букӏине ккола кагътида саламатал тарихал рихьизари гуреб, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамазул хӏакъикъияб рукӏа-рахъин лъикӏлъизаби. Жакъа Россиялда моцӏрое щолеб гьоркьо-хъеб харжалъул бицани, нилъер республикаялда беццилеб хӏал гьечӏо. Амма ракӏ гӏодобе биччазабулеб жо буго нилъер жамгӏияталда гьеб суалалде кӏвар кьезе байбихьун букӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабула учительзабазе, тохтурзабазе харж, лъималазе бачӏунеб пособие цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда, ахираб заманалда Халкъияб Собраниялъул депутатаз къабул гьарурал цо-цо хӏукмабаз, ва гьединго В. Путинил указаздалъун гӏумруялде рахъинарулел ругел миллиял проектазда рекъон республикаялда гьабулеб хӏалтӏи лъикӏлъулеб букӏиналъ.\nНилъер республикаялда, масала, Росдал магӏишаталъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2019 соналда ран лъугӏизарун, хӏалтӏизе кьун руго спорталъул кӏалгӏаби, ФАПал, 120,4 километралда газ бачунел рогӏрал, 61,5 километралъул манзилалъ бачана лъим.\nГӏамм гьабун босани, гьеб ра-хъалъ иш квеш гьечӏолъи бихьула Россиялъул президент В. Путиница республикаялъул экономикияб ва социалияб рахъ цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасе кӏиабилеб даражаялъул «Ватӏаналъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» орден кьеялдасанги.\nГьединго лъикӏаб ишлъун ккана Дагъистаналъе лъикӏаб хӏалтӏухъ федералияб бюджеталдаса 1,2 млрд гъурщил грант кьейги. Гьеб гӏарац кибе харж гьабизе бугебали республикаялъул нухмалъулез дандбалеб буго жамгӏиял гӏуцӏабаздаги.\n2019 соналда 20 сон тӏубана нилъер республикаялде халкъазда гьоркьосел хъачагъал кӏанцӏаралдасаги. Гьеб лъугьа-бахъин республикаялда Россиялъул президент Владимир Путинги вачӏун, кӏудияб политикияб даражаялда тӏобитӏана. Гьелъул хӏасиллъунги ккана Дагъистаналъул ополченцазул кӏвар цӏикӏкӏинаби ва хасаб закон бахъиялдалъун гьел кӏодо гьаризе хӏукму гьаби.\nЛъикӏал ишазда гъорлъ рехсезе бегьула республикаялъул нухмалъиялде цӏиял гӏадамал рачине хӏаракат бахъиги, гьениб тухумчилъиялде данде гьабулеб къеркьейги. Амма квешаб рахъ буго нилъер миллиял мацӏал, миллатазул маданият цӏуниялде, гьел лъазариялде хашаб бербалагьи букӏин. Гъоркьиса Халкъияб Собраниялъул депутаталгун, жамгӏиял гӏуцӏабигун цадахъ лъугьун гьеб рахъалъ чанго тадбирал тӏоритӏаниги, гӏунгутӏаби хутӏулел руго.\nРеспубликаялда лъикӏ ккана гьитӏинаб ва гьоркьохъеб бизнес цебетӏеялъул миллияб программа тӏубаялъул ишги. Гьеб мурадалъе харж гьабизе бихьизабун букӏана 525 млн гъурущ.\nГъоркьиса хиса-басиял ккана хӏукуматалъул хъулухъазда ругел кадрабазулъги. Ахирал соназда миллаталъул рахъ хӏисабалде босичӏого, гӏицӏго профессионалияб лъаялъул кьучӏалда кадраби тӏаса рищи билълъанхъизабулеб бугониги, хӏукуматалъул тӏадегӏанал хӏалтӏабазда ругел магӏарулазул къадар дагьлъичӏин абизе бегьула. Конституциялъулаб судалъул нухмалъулесул, Халкъияб Собраниялъул председателасул заместителасул, республикаялъул Хӏисабалъул палатаялъул нухмалъулесул, Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул, республикаялъул Жамгӏияб палатаялъул председателасул хъулухъазда хӏалтӏулел руго магӏарулал. Жакъа республикаялъул\nхӏукуматалъул къого министерствоялъул щугоялда нухмалъулеллъунги руго магӏарул халкъалъул вакилзаби. Гьединго республикаялъул комитетазул цо-цоязул нухмалъулеллъунги руго гьел. Амма республикаялда гӏумру гьабулезул лъабил бутӏа кколеб нилъер миллаталъул кадрабаздехун нухмалъулез дагьаб цӏикӏкӏун пикру буссинабуни лъикӏаб букӏинаан.\n2019 сон бечедаб букӏана юбилеяздалъунги. Масала, 130 сон тӏубана революциялъул хӏаракатчи Чӏохъа Гӏумаров Мухӏамад гьавуралдаса; 110 сон тӏубана пачалихъияв ва жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи Хӏажимурад Хашаев ва Дагъистаналъул халкъияв артист, Авар театралъе кьучӏ лъурав Гӏабдурахӏман Магаев гьаруралдаса.\n100 сон тӏубана генерал-полковник, рагъул гӏахьалчи Мухӏамад Танкаев, машгьурав хъвадарухъан Мухӏамад Сулиманов, СССРалъул\nхалкъияв учитель, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Булач Хӏажиев гьаруралдаса.\nИсана 70 сон тӏубана советияв ва Россиялъул археолог, гӏалимчи, Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул академик Хизри Гӏамирхановасулги. Республикаялда, гьел кӏодо гьарун, батӏи-батӏиял тадбиралги тӏоритӏана.\nГьединалго юбилеял тӏоритӏана магӏарул районаздаги. Масала, Гъуниб, Болъихъ, Цӏумада, Чӏарада, Хунзахъ, Шамил районазда. Кӏодо гьабуна районал гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубаялъул юбилеял.\nКин батаниги, аралда хадуб ракӏ хвеларо. Гьелдаго цадахъ, жеги лъикӏал хӏасилалги щун, нилъ рохизе хъванги батаги цӏияб соналда."}
{"slug": "6800-gazetal-ul-tarikh-va-zhak-aseb-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6800-gazetal-ul-tarikh-va-zhak-aseb-k-o", "title": "Газеталъул тарих ва жакъасеб къо", "date": "2020-01-10 10:08:12", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исана апрель моцӏалда 103 сон тӏубала магӏарул газеталъул тӏоцебесеб номер къватӏибе аралдаса.\n«Заман» абураб цӏаралда гъоркь бахъулеб букӏараб гьелъул редакторлъун вукӏана Дагъистаналъул захӏматхалкъалъул цевехъан, машгьурав революционер Махӏач Дахадаев ва гьесул кумекчӏужулъун — имам Шамилил вас Мухӏамадшапигӏил яс, Махӏачил лъади Написат.\nГазета кьабулеб букӏана Темир-Хан-Шура шагьаралда, Чӏохъа Мухӏамадмирза Мавраевасул басмаханаялда.\nГьелдаса нахъе гьоркьоб къотӏичӏого, цӏарал хисаниги, гьале гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалда жаниб магӏарулазухъе щолеб буго жакъасеб «Хӏакъикъат» газета. Радиоги къанагӏатаб, телевизорги гьечӏеб, доб заманалда газета букӏана нилъер росабалъе цӏиял харбалги, дунялалда ва республикаялда лъугьунеб-толелъулги бицунеб чапарлъун, шагӏирас абухъе, канлъиги нурги мугӏрузда тӏибитӏизабулеб чирахълъун.\nМагӏарулазул гӏумру-яшав, рукӏа-рахъин, лъай ва культура цебетӏезабиялъулъ гьелъ лъураб бутӏа бицун хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб буго. Газеталъул гьурмаздасан магӏарулазда рагӏана хӏурият ккелелде цере рукӏарал нилъер шагӏирзабазул асарал, халкъиял кучӏдул, абиял, биценал, тарихиял лъугьа-бахъинал.\nЦӏадаса Хӏамзатидаса байбихьун жакъа къоялде щвезегӏан магӏарул шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул асарал магӏарулазухъе щвана ва щола газеталъул гьурмаздасан. Киналгоязде гӏунтӏун гьез жидерго творчествоялъулаб ва захӏматалъулаб хӏаракатчилъи байбихьана магӏарул газеталда хӏалтӏиялдаса. Гьелги ккола Цӏадаса Хӏамзат, Ражаб Динмухӏамаев, Асадула Мухӏамаев, Мухӏамад Шамхалов, Расул Хӏамзатов, Абакар Тӏагьиров, Гӏабдулатӏип Шамхалов, Загьид Хӏажиев, Хӏамид Темирханов, Муса Мухӏамадов, Хӏажи Залов, Гӏабдулмажид Хачалов, Фазу Гӏалиева, Хӏажи Хӏамзатов, Хӏажи Гӏарипов, Мухӏамад Сулиманов, Гӏумархӏажи Шахтаманов, Гӏадало Гӏалиев, Тажудин Таймасханов, Гӏабдула Даганов, Мухӏамад Гӏисаев ва гӏемерал цогидалги.\nАна сонал, хисана замана. Буго телевидение, бачӏана Интернет. Амма хисичӏого щибаб рузман къоялъ къватӏибе бачӏуна «Хӏакъикъат» газета. Магӏарул мацӏалда кӏалъалев кӏиго чи вугебгӏан заманалдаги газета цӏунизе ният буго редакциялъул хӏалтӏухъабазул. Гьелъие гъеж гурараб буго нижер коллективалъги.\nНижеца газеталъул тарихалъул бицарал мухъал хъваялъе гӏилла буго магӏарул мацӏалдехун, магӏарул газеталдехун магӏарулал ургъел гьечӏого ралагьулел рукӏин. Бицине ккеларо нилъер мацӏалъул бугеб хӏал, гӏолеб гӏелалда гьеб лъалеб гьечӏолъи, лъималазда гьеб малъиялъе улбуз кьолеб гьечӏеб кӏваралъул. Дагьабниги метерисеб къоялъул пикру гьабулев чияс ахӏи базе ккараб хӏал буго гьеб рахъалъ.\nЦересел соназда азарго экземплярцин хъвалел рукӏарал районазда гьел кӏинусго-лъабнусго экземпляр гурого гьечӏо. Гьелде рахинчӏелги районал руго.\nГъоркьисайин абуни «Хӏакъикъаталъул» тираж букӏана 4500 газета. Хӏисаб гьабеха, миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарул халкъалъул цого-цо бугеб миллияб басмаялъул бугеб тираж. Гьебго заманалда, мисалалъе, нилъедаса кӏиго нухалда къадаралъул рахъалъ дагьал лезгиязул миллияб газеталъул тираж букӏана гъоркьиса 10 азарго экземпляр.\nБатӏаго лъагӏалие подпискаялъухъ цӏикӏкӏараб гӏарац унеб гьечӏелъул, гьеб гӏайиб лъилали лъаларо. Нижеда гьениб бихьулеб буго цо жо – ургъел гьечӏолъи. Почалъул хӏалтӏухъабазгун цадахъ районалъул бетӏерги, лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулевги гьеб ишалде гъорлъе лъугьани, подписка цӏикӏкӏунеблъи хӏакъаб жо буго.\nМиллат цӏуниялъе ва цо халкъ хӏисабалда гьеб тарихалда хутӏиялъе аслияб шартӏ буго гьелъул мацӏ цӏунун хутӏи. Жакъа гӏадаб бербалагьи мацӏалдеги, миллияб басмаялдеги бугони, магӏарул халкъалъул мацӏалъул къисматалъул ахир кинабдай букӏина?"}
{"slug": "6801-nizher-barkigi-barkalagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6801-nizher-barkigi-barkalagi", "title": "Нижер баркиги баркалаги", "date": "2020-01-10 10:18:39", "categories": ["barkiyal"], "text": "Дагьал гьечӏо «Хӏакъикъат» газета цӏалулел, жидецаго хъван гуребги нижехъеги хъвадарулел, цогидазда гьоркьобги гьеб тӏибитӏизабиялъе жигараб гӏахьаллъи гьабулел чагӏи.\nИсанасеб подпискаялъеги гьез кӏудияб хӏалтӏи гьабуна. Редакциялъул рахъалдасан ракӏ-ракӏалъго баркала кьезе бокьун буго магӏаруллъиги хириял, магӏарул адабиятги, маданиятги, тарихги бокьулел газеталъул гьудулзабазе. Масала, Цӏунтӏа районалдаса Гӏиса Гӏабдулаевасе, Бежтӏа участокалдаса Шугӏайп Ражабовасе, Шамил районалдаса Гӏалилай Хӏажиевалъе, Гӏабдулвахӏид Хӏажиевасе, Сайпула Гьитӏинамухӏамадовасе, Зайирбег Мухӏамаднабиевасе, Мухӏамаднаби Мухӏамад-набиевасе, Гӏахьвахъ районалдаса Деньга Махиевасе, Мусабег Мухӏамадрасуловасе Хӏажимухӏамад Кучуевасе, Бадрудин Султӏановасе, Каримат Гъалбацӏовалъе, Мусабег, Гумбет районалдаса Камил Хӏадисовасе, Магьди Гӏабдурахӏмановасе, Хасавюрт районалдаса ва шагьаралдаса Гирай Хӏайдаровасе, Нажмудин Залимхановасе, Гӏалиасхӏаб Хӏамзатовасе, Мухӏамадрасул Шайихмухӏамадовасе, Мухӏамад-расул Расуловасе, Гӏалибег Салаватовасе, Казбек районалдаса Хӏусен Тупаевасе, Гӏалиасхӏаб Гӏумарасхӏабовасе, Избодин Мухӏамадовасе, Гъуниб районалдаса Зайнудин Зайналовасе, Каримула Мухӏамадовасе, Мухӏамад Къебедовасе, Хунзахъ районалдаса Фатима Мухӏамадовалъе, Гӏабидат Нурмухӏамадовалъе, Цӏумада районалдаса Мухӏамад Залимхановасе, Хӏабиб Давудовасе, Хадижат Залимхановалъе, Чӏарада районалдаса Гӏалиасхӏаб Давудмирзаевасе, Болъихъ районалдаса Халид Сагӏидовасе, Салман Хӏасбулаевасе, Шамсудин Сиражудиновасе, Гъизилюрталдаса Тӏалхӏат Ахъбердиевасе, Гӏабдулвахӏид Лабазановасе, Гъизляр шагьаралдаса Ахӏмад Хӏасановасе, Буйнакск шагьаралдаса Наби Гӏисаевасе, Махӏачхъалаялдаса Шамил Мухӏидиновасе, Мухӏамад Гӏалиевасе ва гӏемерал цогидазеги.\nГьединго нижеца баркала кьола тӏадаб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалел почалъул киналго хӏалтӏухъабазе.\nТӏаде щвараб цӏияб сонги баркун, гьарула киназего сахлъи, рохел, рокъоб парахалъи ва баракат.\nХьул буго «Хӏакъикъаталъулгун» хадубккунги нужеца гьудуллъигун хурхен цӏунилилан ва щула гьабилилан."}
{"slug": "6802-khiurmatiyal-magiarulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6802-khiurmatiyal-magiarulal", "title": "Хӏурматиял магӏарулал!", "date": "2020-01-10 11:10:49", "categories": ["barkiyal"], "text": "Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда тӏаде щвараб цӏияб сон!\nБокьун буго киназего гьаризе сахлъи, рохел, рекӏее парахалъи, сабру.\nЦӏияб соналъ Аллагьас щивав чиясул рекӏелъ иман цӏикӏкӏинабеги!\nУнтаразе сахлъи кьеги, балагьал рикӏкӏалъаги, рахӏматал гӏагарлъаги.\nЛъикӏаб гьабизе, квешаб тезе къуватги кьеги Аллагьас нилъее.\nНилъ кидаго рукӏана байрахъулаллъун. Магӏарулазе тавпикъ кьеги, умумуздаса мисалги босун, церехун ине!"}
{"slug": "6803-khiurmatiyav-giumakhan-giumakhanov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6803-khiurmatiyav-giumakhan-giumakhanov", "title": "Хӏурматияв Гӏумахан Гӏумаханов!", "date": "2020-01-10 11:19:32", "categories": ["barkiyal"], "text": "Баркула дуда ва тӏолабго «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул коллективалда тӏаде щвараб цӏияб 2020 сон.\nДун вохарав вуго дур нухма-лъиялда гъоркь миллияб газета цӏалдолезе бокьулеблъун лъугьине нужеца бахъулеб хӏаракаталдаса. Гьеб бихьулеб буго ахираб заманалда къватӏире рачӏарал номераздаса, гьенир лъолел ругел магӏнаял ва пайдаял макъалабаздаса.\nБаракатаб ва парахатаб батаги нилъее киназего тӏаде щвараб сон.\nГьарула щивасе сахлъи ва рохел."}
{"slug": "6804-tsokhio-lakhizat-giadin-park-ana-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6804-tsokhio-lakhizat-giadin-park-ana-giumru", "title": "Цохӏо лахӏзат гӏадин паркъана гӏумру", "date": "2020-01-10 11:24:40", "categories": ["insan"], "text": "Араб соналда 80 сон тӏубана ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, ДРялъул мустахӏикъав учитель, Стальское росдал гимназиялъул педагог, машгьурав композитор Гӏали Абакаровас.\nГьев гьавуна Цӏунтӏа районалъул Кидиро росулъ. Лъабго сон бараб мехалда хвана эмен. Дол захӏматал соназул хӏакъалъулъ гьадин ракӏалдещвезабуна Гӏалица: «Рагъул кьогӏлъи бичӏчӏуларо, гьеб бихьичӏев чиясда. 1942 соналда, унтизеги унтун, хвана эмен. Букӏана захӏматаб заман. Гьеб захӏмалъи жеги цӏикӏкӏана, 1944 соналда – нижер районги биххизабун, цӏунтӏал гочинаруна Чачаналде, Ведено районалде. Гьениб лъугӏизабуна дица анкьгосонилаб школа. Гьеб заманалда, ай 1957 соналда ниж тӏадруссинаруна гӏагараб ракьалде. 1958 соналда ахӏана армиялде.\nГьениса вуссиндал дун ахӏана Бежтӏе — доб заманалда районалъул центр букӏана гьениб. Дица кечӏ ахӏулеблъиги музыкалиял алатазда бакънал рачунеблъиги лъан, дун тӏамуна Культураялъул рукъалъул директорлъун хӏалтӏизе», — ян.\nКультураялъул рукъалъул директорлъун хӏалтӏулеб заманалда Гӏали Абакаровасги, Культураялъул рукъалъул художествияб рахъалъ нухмалъулей, ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Зугьра Абакаровалъги байбихьана халкъияб кӏалзул гьунарал данде гьаризе. Гьез ракӏарана кучӏдул, цӏех-рех гьабуна кьурдабазул, сценаялдаса рихьизаруна гӏумруялъул сурарал рахъал къватӏир чӏвазарулел сценкабигун интермедиял.\nГьесул жигарчилъиялъе муста-хӏикъаб къимат кьуна республикаялъул Культураялъул министерствоялъ: 1967 соналда гьесие кьуна «ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏар.\n1967 соналда Гӏали ана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул музыкалиябгун педагогикияб факультеталде цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, 1971 соналда байбихьана Буйнакскиялъул педучилищалда хӏалтӏизе.\n1976-1979 соназда хӏалтӏана гӏагараб росдал школалда цин завучлъун ва хадув – директорлъун. 1979-1983 соназда гочана Дубки поселокалде – гьенивги хӏалтӏана Лъималазул музыкалияб школалда музыкаялъул учительлъун. 1983 соналдаса нахъе хӏалтӏана Гъизилюрт районалъул Стальское росдал гимназиялда учительлъун.\nГӏ. Абакаровасул кӏудияй яс Бика Гӏалиева ккола ЦОДОУ ЗОЖал-да гьоркьобе унеб Качалай росдал гьоркьохъеб школалъул директор. Гьелъ данде гьарун руго эбелалъулги (Зугьра Жамалудинова) инсулги (Гӏали Абакаров) художествияб хӏаракаталъе нугӏлъи гьабулел гӏемерал баянал. Руго гьезда гьоркьор композиторасул гӏолохъанлъиялъул гӏужалъул бицунел ракӏалдещвеялги.\nДГПУялъул музыкалиял алатазул кафедраялъул доцент, ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Абусупян Гӏалихъараевас бицана:\n— Гӏали Абакаров цӏализе лъикӏав вукӏана. Гьесулъ букӏана тӏабигӏаталъго лъураб пагьму. Магӏарул музыка цебетӏезабизе кӏудияб хӏаракат бахъана Гӏалица. Гьес мухӏканго тӏасабищулаан жиндир бакъаналъе рекъонкколел рагӏаби.\nМагӏарул радиоялда гӏемерал соназ хӏалтӏарав Хӏажи Мамаевас бицунаан:\n— Нижеца гӏумру гьабулеб букӏана цо общежитиялда. Радиоялда хӏалтӏулаго, дида ратана Гӏалил музыкаялда машгьурал кочӏохъабаз ахӏулел гӏемерал кучӏдул. Масала, гьел ахӏулаан Даку Асадулаевас, Муи Хӏасановалъ, Ахкубек Хӏажиевас, Манарша Дибировалъ, Хӏайбула Мухӏамадовас ва цогидаз.\nРакӏалда буго, студентлъун вугеб заманалдаго, гьесда гьарана Мажид Шамхаловасул «Якьад» абураб спектаклялъе бакънал хъвайилан абун. Кӏудияб жавабчилъигун, гӏемер тӏадги хӏалтӏун, тӏубазабуна Абакаровас гьеб тӏадкъай. Бакъналги лъугьана цӏакъал. Гьел бакъназда спектаклялда ахӏулел «Мун ана» ва «Их» абурал кучӏдул хехго машгьурлъана халкъалда гьоркьор.\nГъизилюрт шагьаралъул №8 гьоркьохъеб школалъул педагог Мадина Насрудиновалъ бицана:\n— Тӏоцебесеб дарсида Гӏалица музыкалияб алаталда бакъан бачараб мехалда, ракӏбахиллъун ялагьун хутӏана дун. Дихъаги бажарулебанищин ккана ракӏалде. Ахирги, яхӏ гьабизе кӏвечӏо, бицана учителасда дирго анищ. Гьелдаса нахъе байбихьана дарсал. Цо чанго соналъ тӏадчӏун малъана аккордеоналда бакънал рачине. Хадуб абуна Избербашалъул педучилищеялда цӏализе. Ва дир учитель живго вилълъана гьениве щвезегӏан дида цадахъ. Гьелде тӏадеги, цӏалул соназда чанцӏулго вачӏана дир ахӏвал-хӏал лъазабизе. Гьес дида абулаан: «Дарсида щвараб лъаялда гӏей гьабун чӏоге, Мадина. Цӏале тӏахьал», — ан.\nГьанжеги дун гӏемер щола дирго учителасухъе. Хӏажатаб тӏехь, нотаби ва цогидаб батула дида гьесул бечедаб библиотекаялда. Дица дарсал кьолел классазда чарагьечӏого малъула Гӏали Абакаровасул кучӏдулги.\nГӏумруялъул нухал халатал ругин ккола, амма цо-цоязул гьел паркъун уна, цо лахӏзат гӏадин, чӏамучӏлъичӏого, чидае зарал гьабичӏого. Гьедин ана Гӏали Абакаровасул гӏумрудул 80 сонги. Гьелъие сабаблъунги ккана жиндирго лъай камил гьабиялъе хӏаракат бахъи, цо нухалда тӏасабищараб Дмитрий Кабалевскиясул лъай кьеялъул къагӏидаялъе ритӏухълъи цӏуни, гӏадамазе кумек гьабулаго, жиндирго ракӏалъе щолеб рахӏатгун хӏалхьиялдаса пайда боси.\nГӏали Абакаровасул кучӏдул ва бакънал рихьизарун руго миллияб лъай кьеялъул идараялда малъизе кколезул сияхӏалдаги."}
{"slug": "6805-kherav-palikh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6805-kherav-palikh-an", "title": "Херав палихъан", "date": "2020-01-10 12:03:48", "categories": ["deti"], "text": "Пал тӏамулев херав чи къватӏиве вахъанила.\nГьев кверал хьвагӏизе, хӏанчӏи къватӏире риччазе лъугьанила. Щибаб хӏанчӏил жинди-жиндир хасаб цӏарги букӏанила. Херав чияс, тӏоцере кверал хьвагӏаралго, тӏоцебесеб лъабго хӏинчӏ боржун анила. Квач, цӏорой лъугьинабунила.\nПалихъанас кӏиабилеб нухалъ кверал хьвагӏа-ралго, кӏиабилеб лъабго хӏинчӏ боржанила. Гӏазу биине лъугьанила, хурзабахъа гӏебеде тӏугьдул раккизе рекӏанила.\nХерав палихъанас лъаб-абилеб нухалъги кверал хьвагӏанила. Лъабабилеб лъабго хӏинчӏги боржанила. Багӏарун, гьелегьун букӏанила. Рекьарухъаби бугӏа лъилъизе лъугьанила. Херав палихъанас ункъабилеб нухалъ кверал хьвагӏаралго, нахъеги лъабго хӏинчӏ боржун анила. Квачараб гьури пунила, тӏатӏалаго цӏадал ранила, гӏодонакӏкӏ лъезе лъугьанила.\nХӏанчӏи гӏадатияб тайпаялъул рукӏинчӏила. Щибаб хӏанчӏил ункъ-ункъ кваркьи букӏанила. Щибаб кваркьиялдаги анкь-анкь малърал рукӏанила. Щибаб милъиралъул жинди-жиндир цӏарал рукӏанила. Малърал бащдал чӏегӏерал, бащдал хъахӏал рукӏанила. Хӏанчӏица цо нухалъ хьвагӏарабго, цӏакъго-цӏакъ гвангъун, цоги нухалъ хьвагӏарабго, цӏакъго-цӏакъ бецӏлъун лъугьунаанила."}
{"slug": "6806-l-alishch-nuzheda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6806-l-alishch-nuzheda", "title": "Лъалищ нужеда?", "date": "2020-01-10 12:14:05", "categories": ["deti"], "text": "Дунялалда буго гӏага-шагарго кӏиазаралда щунусго батӏияб тайпаялъул къверкъ.\nГьез гӏумру гьабула киса-кибего: хӏоразда, лъаразда, хьуцӏазда, рохьазда, хӏатта чӏобогояб авалахъалдацин. Къоркъоца лъабго батӏияб къагӏидаялъ хӏухьел цӏала – тӏомолъанги, гьуърулъанги, кӏалдисанги. Къоркъол щибаб тайпаялъул рукӏуна жидерго хаслъаби.\nБищунго кӏудияб къверкъ дандчӏвала Африкаялда. Гьелъул цӏайи лъабго килограммалде, халалъи кӏикъого сантиметралде бахуна. Бищунго гьитӏинаб къоркъоца гӏумру гьабула Америкаялъул Цолъарал Штатазда, гьелъул халалъи кӏиго сантиметрцин букӏунаро.\nЮгалъул Америкаялда дандчӏвала загьруял къуркъбиги. Индейцаз гьезул загьру, чан гьабизе унелъул, чӏоразул тӏогьазда бахуна."}
{"slug": "6807-tsiiyab-sonalde-tsiiyab-galigun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6807-tsiiyab-sonalde-tsiiyab-galigun", "title": "Цӏияб соналде цӏияб галигун", "date": "2020-01-10 12:17:27", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Гьале нахъа тана гӏумрудул цоги сон. Гьебин абуни гӏадатияб халкъалда ракӏалда чӏела пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялдалъун, «рищнидул реформаялдалъун», цогидазда бачӏеб Рунеталъул хӏакъалъулъ гӏуцӏараб законалдалъун.\nЩибха букӏине бугеб 2020 соналда?\nПенсия\nРФялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2020 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе страховиял пенсиязул индексация гьабизе буго 6,6 проценталъ. Пенсиялде ине руго 56,5 сон барал руччаби ва 61,5 сон барал бихьинал.\n2020 соналъул байбихьуда пенсиялде ине руго 1964 соналда гьарурал руччаби.\nЗахӏматалъул пенсия тӏоцебесеб январалдаса нахъе гӏага-шагарго 1000 гъурущалъ цӏикӏкӏине буго, социалияб пенсияйин абуни, апрелалдаса нахъе цӏикӏкӏине буго 7 проценталъ, гьебги ккола гьоркьохъеб хӏисабалда 700 гъурущ.\n2020 соналда МРОТалъул (бищунго гӏодобегӏанаб мухь) къадар 850 гъурущалъ цӏикӏкӏине буго (2019 соналда гьеб 11280 гъурщида бащад букӏун батани, цӏияб соналдаса нахъе букӏине буго 12130 гъурущ).\nМРОТалда бараблъун ккола жеги лъабго пособиеги: заманаялъ хӏалтӏи гьечӏого хутӏиялъул, лъимаде йикӏаго ва лъимер гьабун хадусел моцӏазда щолеб ва лъимадуе лъагӏелгун бащдаб базегӏан хъулухъ гьабуралъухъ кьолеб.\nЛъимаде йикӏаго ва гьабун хадуб кьолеб пособиеги цӏикӏкӏине буго. Январалдаса байбихьун (140 къоялъул хӏисабги гьабун) бищунго дагьаб къадар букӏина 55830 гъурущ ва бищунго цӏикӏкӏун — 322191 гъурущ. Гьеб бараб буго харжалъул къадаралда. Гьоркьохъеб хӏисабалда, къоялъе щолеб бищунго дагьаб 398 гъурущ босани, 2020 соналда лъимаде йигей гӏаданалъе кьолеб 140 къоялъул больничниялъухъ кьола (398*140) = 55830 гъурущ, 156 къоялъул больничниялъухъ (захӏматго лъимер гьабуразе) — 62211 гъурущ, 194 къоялъул (кӏиго-лъабго лъимер цадахъ гьабуни) – 77650 гъурущ.\nЭбелалъулаб капиталалъулги индексация гьабизе буго 2020 соналда. Масала, гьелъул къадар цӏикӏкӏине буго 3,8 проценталъ ва гьеб бахине буго 466617 гъурщиде. Жеги хӏалтӏизабичӏеб яги тӏаса цо бутӏа хӏалтӏизабураб эбелалъулаб капиталалъулги гьабизе буго гьединабго индексация. Чанго соналъ цебе щвараб эбелалъулаб капиталалъул сертификаталда бихьизабураб гӏарцул къадаралдеги, 2020 соналда бихьизабураб къадаралда рекъон, тӏадеги гӏарац кьолеб буго.\nЦӏияб соналдаса байбихьун захӏматалъулал книжкабиги электрониязде руссинаризе руго. 2021 соналдаса нахъе хӏалтӏуде лъугьунезе гӏицӏго электрониял книжкаби гурони рагьизеги гьечӏо.\n«Рощнол реформа»\n2019 соналда экологияб рахъ лъикӏлъизабиялъул мурадалда, сверухълъи рищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабулел цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе байбихьана. Россиялъул киналго субъектал хӏадур рукӏинчӏо гьеб реформаялде. Лъагӏалил ахиралдехун рищни батӏи-батӏиял къалазухъе баялъул къагӏидаялде ругьунлъизаризе ругин гӏадамалин бицунеб букӏана реформа гьабизе байбихьаралдаса нахъе.\nДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ жигар бахъана шагьараздагун районазда рищни-къул балел бакӏазда гӏадлу-низам гӏуцӏизе, гьенир цӏиял къалал лъезе ва гьезда сверухъ бакӏазда рацӏцӏалъи цӏунизе. Махӏачхъалаялда ва Каспийскиялда рагьана рищни-къул батӏа гьабун, кагъат, цӏер ва пластик бичун босулел «Экопунктал».\nРеспубликаялда 10 соналъулаб къотӏи-къайги гьабун, рищни-къул бакӏаризе тӏаса рищун руго регионалиял операторалги. Дагъистаналъул Огни шагьаралда бугеб цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалдеги къабул гьабула бекараб цӏер. Руго пластика къабул гьабулел гӏисинал цехалги.\nЧанго сон буго Дагъистаналда рищни-къул батӏа гьабун, гьелдаса цогидаб къайи гьабулел заводал разе ругин бицунелдасаги. Дагьаб цебегӏан Гъизляр районалда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас лъазабуна «Экология» федералияб программаялда рекъон, республикаялъе миллиард гъурущ биччалеб ва гьеб гӏарцухъ рищни-къул батӏа гьабун къачӏаялъул 11 завод базе бугин. Гьел рехсарал заводал гьанжелъизегӏан «ралел» рукӏана инвесторазул кумекалдалъун, амма гьелъул щибго жо ккечӏо ва бихьизабизегӏанасеб заводги республикаялда бачӏо.\n«Рощнол реформаялде» гӏадамал хӏадур гьечӏеблъи бихьулеб буго рощнол къалазда тӏад чӏварал игӏланазул кӏварги гьабичӏого, ругьунабго къагӏидаялъ гьел цӏезарулел рукӏиналъги.\n2019 соналдаса нахъе рухӏчӏа-голъабазе гӏакъуба кьуразе бихьизабураб тамихӏ буго лъабгоялдаса щуго соналде щвезегӏан эркенлъиялдаса махӏрум гьари. 2020 соналдаса нахъе рокъор хьихьизе бегьуларо аздагьо, дачаялда ци, хӏинкъи бугеллъун рикӏкӏунел гьабиги, хвенхида ххолеб жо гьечӏого, къватӏире рачине бегьуларо.\nМал-мулк\nРоссиялъул Ралел бакӏазул министерствоялъул баяналда рекъон, 2020 соналда Дагъистаналда мал-мулкалъул багьа букӏине буго цо квадратияб метралъухъ, гьоркьохъеб хӏисабалда, 30522 гъурущ. Улкаялдаго мал-мулкалъухъ бищунго гӏодобегӏанаб багьа бугел регионазда гьоркьоб буго Дагъистанги.\nДРялъул хӏукуматалъул баяназда рекъон, 2020 соналда республикаялда базе буго 39 лъималазул ах, 27 школа, сахлъи цӏуниялъул ункъо идара, лъим бачӏунеб ва гьеб бацӏцӏад гьабулеб 27 бакӏ, 106 километралъул манзилалъ шагьараздегун районазде бачине буго газ.\nШкола\n2020 соналда гӏаммаб лъай кьеялъул идарабазде тӏоцебесеб классалде цӏализе къабул гьарулел лъималазул сияхӏ гьабизе байбихьула февраль моцӏалдаса нахъе. Тӏоцебесеб классалде лъимер битӏулел эбел-инсуца гӏарза хъвазе бегьула электронияб къагӏидаялъ ва, школалда бакӏ батани, лъимадул документал къабул гьарурал къоялдаса анкьида жаниб сияхӏалде росизе ккола школалъул администрациялъги. Хъвай-хъвагӏай гьабун бугеб бакӏалъухъ балагьичӏого, лъимал бокьараб школалде ритӏизе ресги буго.\n2020 соналдаса байбихьун ихтияр буго щуго тӏалаялъул школал разеги, ункъабилеб ва щуабилеб тӏалабазда цӏализе бегьула гӏицӏго 8-11 классалъул цӏалдохъаби."}
{"slug": "6808-giarzal-giemerl-idal-bakh-arab-akhii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6808-giarzal-giemerl-idal-bakh-arab-akhii", "title": "Гӏарзал гӏемерлъидал бахъараб ахӏи", "date": "2020-01-10 12:21:31", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана Басрияб Аргъвани росдал школалъул масъалабазул хӏакъалъулъ.\nГумбет районалъул Басрияб Аргъвани росулъ исана къачӏана школалъул мина ва кьучӏдасанго хисизабуна гьелъул сипат. Гьелъие квербакъана, «100 школа» абураб проекталда рекъон, ресалда ругел росдал гӏадамаз. Августалъул ахиралда бачӏараб «Хӏакъикъаталъул» номералда нижеца хъван букӏана рехсараб школалъе учительзаби тӏаса рищулел ругин абунги. Гьелъул мурадалда Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталъ (ДИРО) гӏуцӏана ва тӏобитӏана къецги.\nШкола цӏигьабизе квербакъарал меценатазул букӏана батӏияб мурадги – росу чӏунтизе тунгутӏи. Гьединлъидал цӏигьабураб школалда цӏализе гьез ракӏарана гӏатӏиракьалда гӏумру гьабулел росуцоязул лъимал ва чӏезаруна гьенир хӏалтӏизе разилъарал учительзабазе лъикӏаб харжгун санагӏатал шартӏал. Проект лъикӏаб бугин ва гьеб цогидазеги мисаллъун лъугьиналде хьул букӏана нижерги.\nАмма дагьалъ цебе бахъана ахӏи. Абулеб букӏана, къецалъул хӏасилалда меценатаз директорлъун тӏамурав чиясул бакӏалда гьениве витӏун вугин анлъго класс гурони лъугӏизабичӏев (хутӏараб заманалда исламиял цӏалул идарабазда цӏаларав) чиян абун. Гьелда разилъичӏел меценатаз жидерго лъимал рачунел рукӏана нахъе.\nГьал къоязда ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда тӏобитӏана хасаб данделъи. Гьениб бицана Басрияб Аргъвани росдал школалъул ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер – ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Умупазил Гӏумаровалъ данделъиялъул гӏахьалчагӏазда гьарана, рехсараб хӏужа политикияб рахънибе ккезабизе хӏаракат бахъугейилан. «Масъала тӏубазе ккола законалъул тӏалабалги цӏунун ва цӏалдохъабазе зарал ккеларедухъ», — ан абуна гьелъ.\n«Гьаб соналъул марталда администрациялде хитӏаб гьабуна Аргъвани росдал жамагӏатчагӏаз. Гьез абулеб букӏана, школа къаялъул хӏинкъи букӏиналда бан, школа-интернатги рагьун, гьенире шагьараздасаги мадугьалихъ росабалъаги лъимал рачани лъикӏаб букӏинаанин абун. Исана школа къачӏана «100 школа» абураб проекталда рекъон. Тӏубанго хисана тӏох, чӏабар, гордалгун нуцӏби, бана котельная. Гьеб хӏалтӏи гьабун хадуб цӏалдохъабазул къадар цӏикӏкӏана – гьенив жакъа вуго 36 чи.\nАмма хадубккун загьирлъана, 50 чиясе бакӏ бугеб интернат (гьелъул гӏаммаб гӏатӏилъи буго 674 квадратияб метр) спонсораз бан буго, жеги ракь бичун босилалдего ва официалияб ихтияр кьелалдего. Гьединлъидал, депутатазул собраниялъул хӏукмуялъул кьучӏалда, районалъул администрациялъ тасдикъ гьабуна хасаб хӏукму: лъай кьеялъул идараялъул ракь интернаталъе бихьизабураб ракьалдаса батӏагьабиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъул мурадги букӏана рехсараб бакӏалда интернат базе ихтияр кьолел документал гьариялъе квербакъи. Гьелда бан хӏадурун руго аукционалъе документалги. Амма тӏад мина бан бахъараб ракь аукционалда кин лъелеб?\nНижееги бокьун буго школаги букӏине, росуги цӏунизе. Хӏажатаб кумекалъе рахъине хӏадурги руго ниж», — ан бицана Гумбет районалъул бетӏер Хӏажимурад Мухӏамадовас.\nГьабсагӏаталда школалъул гьечӏо «школа-интернат» абураб статус. Гьелда бан, Аргъвани росдал школалда сордо-къоялъ 24 лъимер тезе ихтиярги букӏунаро. Гьарун гьечӏо хиса-басиял школалъул уставалдаги. Гьединго къабул гьарун гьечӏо цогидалги нормативиял актал.\nДанделъиялда хӏукму гьабуна муниципалитеталъул бетӏерасда тӏадкъазе рехсарал гӏунгутӏаби хехаб заманалда тӏагӏинариялъе нухал ратеян ва министерствоялъе баян кьеян абун. Гьелде тӏадеги, гӏуцӏана хасаб комиссияги. Гьелъ халгьабизе буго нормативазде рекъонкколищали рехсараб объект. Комиссиялда гъорлъ руго ДРялъул Ралел бакӏазулги, Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъулги ва Юстициялъулги министерствабазул вакилзаби.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "6809-chiakhiil-k-an-khutiugegi-anishchazul-khur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6809-chiakhiil-k-an-khutiugegi-anishchazul-khur", "title": "Чӏахӏилъ къан хутӏугеги анищазул хур", "date": "2020-01-10 12:35:15", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гӏадат буго Цӏияб соналъул байрамалде лъагӏалида жанир ккарал лъугьа-бахъиназул хӏасилал ва бачӏунеб соналде анищал гьарулеб.\n2019 соналда гӏемерал хиса-басиял ккана нилъер гӏумруялъулъ. Унеб соналда учительзабазе аслияб темалъун букӏана гьабулеб хӏалтӏухъ мустахӏикъаб харж кьезе бугин абураб хабар. Амма чанги чӏахӏиял трибунабаздаса кигӏан гӏемер гьелъул бицаниги, гьеб рахъалъ хисараб жо ккечӏо. Абулеб буго, Гьаб соналъул январалдаса нахъе, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул хӏукмуялда рекъон, республикаялъул бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжал ичӏго проценталъ цӏикӏкӏинаризе ругин абун. Щиб лъалеб, гьеб анищ тӏубазегӏаги батила.\nШколалъул аслиял багьадурзаби руго цӏалдохъаби. Щибдай гьезие хисизабизе бокьилеб школалда? Гьеб суал кьуна дица дирго гӏагарлъиялъул лъималазе: дир рахъалдаса Цӏияб соналда сайгъат щвезе бокьарав чияс «Дир анищаб школа» абураб темаялда сочинение хъвазе тӏамуна гьел. Гьанир кьолел руго гьезул анищал гьурщарал мухъал. Нужер школазул цӏалдохъабазулги рукӏине бегьулелъулха гьединалго пикраби.\nПатӏимат, тӏоцебесеб курс: «Цоязе бокьула школалде хьвадизе, цогидал гьенире уна, кигӏан бокьичӏониги, ай эбел-инсуца ритӏун. Лъималазул пикраби хӏисабалде росараб школа букӏарабани, гьенире киналго хьвадилаан гъираялда.\nДир анищаб школалда букӏине ккола лъикӏаб ремонт. Гьенир цӏализарула дагьал цӏалдохъаби – щивасде учитель регӏулеб къадаралда. Гьеб мехалда учителасе рес щвелаан щивасда дарс бичӏчӏизабизе. Цо-цо мехалда, дарс лъазабуниги, киназдаго гьеб гьикъизе заман гӏолароан нижер классалда. Щибаб дарс камилго бичӏчӏизабураб мехалда, рокъобе хӏалтӏи кьезе ккелароан. Нижееги заман щвелаан дарсаздаса хадур расандизеги, гьудулзабигун тира-сверизеги, эбел-инсуца малъараб гьабизеги.\nГьединаб школалда рукӏине ккола батӏи-батӏиял кружокал, спорталъул секцияби. Амма чарагьечӏого букӏине ккола хӏухьбахъиялъул хасаб бокӏонги. Дарсазда свакараб мехалда гьенире инаан цӏалдохъаби: телевизоралъухъ балагьизе, шахматал яги шашкаби хӏазе.\nЦоги дие бокьилаан школалда гӏатӏидаб ва кинабго квен чӏобого кьолеб богорукъ букӏине. Щивав цӏалдохъанас квинаан жиндиего бокьулеб квен.\nШколалъул азбаралда дица лъелаан хьонбакӏал ва гьабилаан спортивияб майдан».\nХадижат, щуабилеб класс: «Нижер буго гьитӏинаб школа. Цӏалдохъабиги гӏемер гьечӏо – росдал школа бугелъулха. Бокьилаан, гӏатӏидаб, чӏахӏиял гордал ругел кӏудияб школа. Гьел гордазда цебе бокьилаан беричаб авлахъ букӏине. Гьатӏанкъоялъ яги каникулазул заманалда гьенир дандчӏвазе бегьилаан гьудулзабигун. Лъикӏ букӏинаан, школалда гӏагарлъухъ берцинго къачӏараб хӏухьбахъиялъул ах бугони.\nБокьиларо дие школалда аскӏосан гӏемер машинаби хьвадулеб нух букӏине. Цо нухалда дун машинаялда гъоркье ккана ва гӏемераб заман бана больницаялда.\nЦоги дие бокьилаан школалда щивав цӏалдохъанасул жиндирго шкаф букӏине. Гьенир лъезе бегьилаан тӏахьал ва цогидаб къайи. Кабинеталдаса кабинеталде бакӏаб портфель баччизе захӏмалъула нижее».\nМадинат, тӏоцебесеб курс: «Школалда цӏалун яхъана дун исана. Амма кидагосеб анищлъун хутӏана диего рокьулел дарсал тӏасарищизе ихтияр гьечӏолъи. Хасго 9-11 классазда. ЕГЭялъе гӏоло гуро – дирго лъай камиллъиялъул мурадалда. Масала, бокьилаан анкьида жаниб цо чанго дарс рисованиялъул, музыкаялъул яги биологиялъулгун химиялъул. Жакъа ругел гӏадинал гуро – унго-унголъунги цӏалдохъабаз тӏасабищизе рес бугел.\nКъойил 5-6 дарс букӏунелъул, анищалъул школалда дида бихьула берцинаб богорукъ. Гьенир – батӏи-батӏиял нигӏматалгиха.\nЦоги дие бокьилаан цӏалдохъанасул хӏал бичӏчӏулел учительзаби рукӏине. Жалго свакараб мехалда, нижер цо-цо учительзабазухъа бажарулароан сабру гьабун.\nРукӏине ккела батӏи-батӏиял кружокалги. Масала, дарсида кьураб тӏадкъай цӏалдохъанасда бичӏчӏун гьечӏони, кружокалъул заманалда гьеб бичӏчӏизабизе рес букӏинаан».\nМухӏамад, лъабабилеб класс: «Дие бокьилаан киналго разияб, цониги пашманав яги ццидалав чи гьечӏеб школа букӏине. Гьенир рукӏинаан лъималазде семуларел учительзаби. Хӏеренай учительницаялъ бицунеб дарс дида хехго бичӏчӏула. Гьезул дарсида хъуй гьабизеги бокьуларо.\nДир анищаб школа буго рокъоб гӏадинаб ахӏвал-хӏал бугеб школа. Дарсаздаса свакараб мехалда расандизе ресги букӏуна гьениб. Лъикӏал къиматал щвараб мехалда, гьуинал нигӏматалги кьола, рокъоб бабацаго гӏадин. Рокъоре гӏемер тӏадкъаялги кьоларо».\nГьеле гьединал анищал руго лъималазул. Учительзабазулги анищ батила, дарсиде хӏадурлъун рачӏунел цӏалдохъабиги, жидер хӏаракаталъул къимат гьабулел цӏалдохъабазул эбел-эменги, бихьараб захӏматалде рекъонккараб харж кьолел директоралги рукӏин.\nЦӏияб соналъул байрамги баркулаго, дицаги гьарула киназулго анищал тӏурагиян."}
{"slug": "6810-talikhial-ul-ruk-tsiegi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6810-talikhial-ul-ruk-tsiegi", "title": "Талихӏалъул рукъ цӏеги", "date": "2020-01-10 12:57:25", "categories": ["lit"], "text": "Гьалеха, хӏурматиял цӏалдолел, тарихалде ана миллияб маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарурал гьурмал. Гьез нужее араб соналдаги бицана миллаталъул адабияталда ва маданияталда ккарал лъугьа-бахъиназулги, шагӏирзаби-хъвадарухъабазулги, магӏарул кочӏолаб дунялалъулги.\nНужеца цӏалана магӏарул музыкалияб дунялалда цӏвабилъун кенчӏолел ругел Мухӏамад Гӏабасовасулги, Абакар Гӏумархӏажиевасулги, Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасулги, Мухӏамадтӏамир Синдикъовасулги, Мухӏамадтӏагьир Къурачевасулги, Хадижат Жамалудиновалъулги, Хӏамзалав Хӏамзаловасулги, Зайнаб Махаевалъулги ва цогидалги магӏарул кочӏол къагӏидаги ссиги цӏунарал кочӏохъабазул сариназул къиса. Гьездаго аскӏор руго магӏарул композиторазул цӏаралги. Гьезул бакънал роржуна нилъехъе магӏаруллъиялъул рогьелги гьогьенги босун. Гьел ккола магӏарул бакъназул устарзаби Гӏали Абакаров, Ибрагьим Ибрагьимов, Ахӏмад Гӏамирханов ва Каримула Гӏабдулаев. Гьезул кечӏ кидаго буго халкъгун. Бицана нужее ракӏунтун гьеб дунялалде жанире лъугьине хӏаракат бахъулел ругел цо-цоязул концертазул хӏакъалъулъги. Гьенир ахӏулел чӏорогоял кучӏдуз щибго кеп кьолеб гьечӏин дида кколеб букӏараб батаниги, гьездасан гӏурабго пайда босана, рагӏабазухъги гӏинтӏамичӏого, кьурди-хъатги ахӏи-хӏурги бокьулел гӏоркьилазги.\nГьединго хъвана росабазул, шагьаразул библиотекабазул ва музеязул хӏакъалъулъги. Газеталдаго цадахъ миллияб театрги ккола магӏарулазул гӏумруялъул матӏулъун. Хӏаракат бахъана гьелъул артистазулги, рихьизарулел спектаклязулги хӏакъалъулъ нужее бицине . Хасгьабун бицана театралда жидерго кунчӏарал лъалкӏал тарал артистал Гӏабдурахӏман Магаевасул, Басир Инусиловасул, Муса Гӏабасовасул, Гӏайшат Къурбановалъул, Зайнаб Набиевалъул ва цогидазулги хӏакъалъулъ.\n«Кин йигей, магӏарулай?» рубрикаялда бицана магӏарул гӏадатиял руччабазул хӏакъалъулъ. Хъвана гьезул къисматалъулги хӏалтӏи-пишаялъулги хӏакъалъулъ.\nГьединго бицана цӏалдолезе магӏарул адбияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги.\nТӏоритӏана шагӏирзабазулгун гара-чӏвариял, газеталда рахъана гьезул асарал ва гьезие къимат кьурал макъалаби.\nХъвана магӏарул мацӏалда къватӏире рачӏарал цӏиял тӏахьазул хӏакъалъулъги, бицана санайил Дагъистаналда тӏобитӏулеб адабияталъул байрамлъун кколеб «Хъахӏал къункърабазул» къоязул хӏакъалъулъги. Дандчӏвана шагӏирзабигун. Ахӏана гьел школалде цӏалдохъабигун дандчӏвазеги. Гьединго щвана Нурадин Юсуповасул ва Расул Хӏамзатовасул цӏаразда ругел библиотекабазда маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарун, тӏоритӏулел тадбиразде.\nАмма ракӏбакъвачӏого хутӏуларо, цо-цо «шагӏирзабазул» кучӏдул цӏалараб мехалдаги. Шигӏрияб улкаялда чӏобоголъиялъе бакӏ букӏине бегьуларо, гьениб ханлъун чӏагояб гьунар букӏине ккола. Шигӏруялъ тарбия кьезе ккола инсанасе.\nРакӏалда буго исанаги цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе росабалъ лъугьа-бахъунелдеги. Нужер кумекалдалъунха, хӏурматиял цӏалдолел! Санагӏалъи ккаралъуре, нужеца ахӏани рачӏина, нагагь рачӏине бажарулеб гьечӏони, хъванги битӏизе бегьула. Нижехъе гьоболлъухъе рачӏани, цӏакъго рохизеги рохилаан. Щайгурелъул аслияб къагӏидаялда газеталъул гьудулзаби магӏарухълъидалха ругел.\nИсана дун щвана Чӏарада, Хунзахъ, Казбек районазде, Хасавюрт, Буйнакск, Гъизилюрт, Гъизляр шагьаразде ва цогидалги бакӏазде. Ана магӏарул мацӏалъул учительзабазул дарсазде, бицана магӏарул мацӏ лъазабизе ва цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ.\nГьале тӏаде щвана цӏияб сон. Биччанте гьеб букӏине талихӏаблъун, лъималазулги гьезулги лъималазулги бадисан нужее гьимизе талихӏ.\nРиччанте бакъул чӏораз берцин гьабизе нужер къисмат. Рекӏел мурадалги тӏурайги, цӏиял анищалги тӏирщаги, лъагӏалил ахиралде тӏегьанги рачӏаги гьел."}
{"slug": "6816-aral-e-nukh-bitiagi-bachiunel-e-k-o-bitiagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6816-aral-e-nukh-bitiagi-bachiunel-e-k-o-bitiagi", "title": "Аралъе нух битӏаги, бачӏунелъе къо битӏаги", "date": "2020-01-13 10:25:48", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дунялалда къанагӏатабги улка гьечӏо цӏияб соналда дандчӏвай гьабулареб. Гьеб къоялъ нилъеца цоцазда байрам баркула, сайгъатал кьола ва божула бачӏунеб соналъ анищал, къасдал ва мурадал тӏуразе ратилин абун.\nТӏаде щвараб 2020 сонги баркун, нижеца цо-цо чагӏазда гьарана гьал суалазе жаваб кьеян:\nДагъистаналъе, мунго хӏалтӏулеб, цӏалулеб идараялъе, росдае 2019 соналда щиб лъикӏаб, пайдаяб иш гьабун бажарараб?\nБачӏунеб соналъ гьаризе кинал къасдал, мурадал, анищал къалмиде росун ругел?\nКинал рагӏабаздалъун баркилеб цӏияб сон магӏарулазда, дагъистаниязда?\nГӏалибег ГӏАЛИЕВ,\nришватчилъиялда данде\nкъеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб\nУправлениялъул нухмалъулесул заместитель:\n— 2019 соналда дие кутакалда асар гьабураб иш ккана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор хиси. Иманги бугев, гьеб ишалъе бажариги бугев чи вачӏун вуго гьениве (ГӏумаханГӏумаханов — ред.). Гъункараб, лъикӏаб коллективги бакӏарун, Гӏумаханица газета хӏакъикъияб ва халкъалъе хӏажатаб информация кьолеб алатлъун гьабиялда ракӏчӏола дир.\nГӏадамал чӏалгӏун руго цӏализе пайдаги гъираги бугел макъалабазухъ. Гьединлъидал газеталъул подпискаги кутакалда цӏикӏкӏинин ккола дида.\nДирго хасаб рохелалъулги бицинин. Дир саназда нур базабурав кӏиявго вас вуго гӏун вачӏунев. Кутакалда асар гьабула гьез бахъулеб щибаб галиялъ, гьезда лъараб цӏияб рагӏиялъ…\nРеспубликаялъул даражаялда босани, дун «Хъахӏаб рокъов» хӏалтӏулев вукӏунилан абулеб жо гуро, амма унго-унгоги гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго – лъим, газ бачиналда, нухал рахъиялда, гӏадамазул минабазул азбаралгун жамгӏиял бакӏал къачӏаялда сверухъ.\nМасала, дагьалъ цеве Гъизилюрт районалде щвана. Лъагӏалида жаниб микьго объект бан буго гьениб. Щвана цогидал шагьараздегун росабалъеги. Щибаб иш рагӏа-ракьанде щун гьабизелъун, миллиял проектал гӏумруялде рахъинариялда хадуб халкквезелъун щибаб анкьалда республикаялъул нухмалъиялъги видеоконференциял гьарула муниципалиял гӏуцӏабазул бутӏрузулгун. Унго-унгоги батӏияб асар гьабулеб буго бакӏазул нухмалъулез гьабизе лъугьараб хӏалтӏи бихьидал.\nЩивас жинда тӏадаб иш ракӏбацӏцӏадгоги заманалдаги тӏубазабуни, киналгӏаги суалал рукӏунаро. Гьеб бичӏчӏизе къваригӏун буго. Гурони, цоцазде тӏамун яги хӏалтӏи хадуб бехъерхъизабун тезе заман гьечӏо. Гьадинги кутакалда нахъа хутӏун руго.\nЦӏияб соналда ракӏгъанцӏизабулел камиял ккогегиян гьарилаан дица магӏарулазеги тӏолалго дагъистаниязеги. Унта-щокълъи дагьлъаги, больницабазе ккогеги, гьими гӏемерлъаги, цоцазда нахъасан къватӏул харбал рицунел гӏадамал тӏагӏаги нилъеда аскӏоса.\nМухӏамад АХӏМАДОВ,\nДРялъул Хъвадарухъабазул\nсоюзалъул правлениялъул\nнухмалъулев:\n— Исана 85 сон тӏубана Дагъистаналда Хъвадарухъабазул союз гӏуцӏаралдаса. Гьелда бан Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги тӏоритӏарал тадбиразде рачӏун рукӏана улкаялдаго машгьурал шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, журналисталги. Гьездаго гьоркьов вукӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Николай Ивановги.\nГьединго асар гьабуна Чувашиялдаса поэт Михаил Сеспелил цӏаралда чӏезабураб халкъазда гьоркьосеб премиялъе дун тӏаса вищиялъги.\n2019 соналда Казахстаналда «Сто книг мира» абураб сериялда гъоркь къватӏибе бачӏана дир тӏехьги – «Мугӏрузул васасул дугӏа». Гьелда тӏадеги Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъ дие кьуна Бунинил цӏаралда бугеб премияги.\n2019 соналда Россиялда ругел Хъвадарухъабазул союзазда гьоркьоб бищун лъикӏаблъун рикӏкӏана нилъер республикаялъул союз.\nЦӏияб соналъ магӏарулал магӏарулазул бакӏ цӏунун, цӏар цӏунун, миллат цӏунун, магӏарулаллъун хутӏагиян гьарилаан дица. Нилъерго араб тарихги дарслъун ккаги киназего. Гьарула нилъ нилъерго умумузул гъасде, халкъалде, мугӏрузде, мацӏалде тӏадруссагиян.\nМухӏамад ПАТХӏУЛАЕВ,\nБолъихъ районалъул\nнухмалъулев:\n— Районалъул бищун кӏудияб бечелъи гьенир гӏумру гьабулел гӏадамал ккола. Гьединлъидал лъикӏаб асар гьабула гьезул къадарги санайилго цӏикӏкӏунеб букӏиналъ. Кватӏичӏого 60 азаргоялдасаги тӏаде уна гьезул къадар.\nНижер районалъул экономикаялда аслияб бакӏ росдал магӏишаталъ ккола. Гьединлъидал 2019 соналда нижер мухъалда ругел росдал магӏишаталъул предприятияз хӏадурана, гӏезабуна 3,2 млрд гъурщил багьаяб къайи-цӏа. Гьединго церетӏолел руго промышленностьги халкъиял махщелалги.\nРосабалъ гӏадамазул гӏумру бигьалъизабизелъун социалиял суалаздеги кӏвар кьола нижеца.\n2018 соналъул марталда РФялъул президентгун районалъул вакилзаби (жамагӏатчагӏи) дандчӏвайдал, нахърахъичӏого тӏуразе кколел проектазда бан тӏадкъаял кьун рукӏана. 2019 соналда хӏаракат бахъана гьел тӏуразаризе.\nГьедин, лъим жанисан унеб кӏудияб лъабго рогӏоро бачана районалде, бана спортзал, кӏиго ФАП, ремонтги гьабун, хӏалтӏизе лъугьана рагъулаб шагьар бугеб бакӏалда бараб лъималазул ах, анлъго школалда рана квегӏенал туалетал, къачӏана росабазул нухал. Проектал рахъана 2020 соналда разесел социалияб кӏваралъул объектазулги.\nШагьранухал рахъиялъегун къачӏаялъеги хӏалтӏи гьабулеб буго. Масала, гьелда гъорлъе уна «Грозный-Болъихъ-Хунзахъ-Гьерекӏдерил майдан» шагьранухлул цо бутӏаги. Гьединлъидал кватӏичӏого магӏарулазе рес щвезе буго Северияб Кавказалъул цо-цо республикабазде квегӏенаб къокъид нухалъ ине.\nРеспубликаялъул цогидал шагьараздагун районаздаго гӏадин, «Комфортная городская среда» абураб программаялда рекъон, Болъихъ районалдаги къачӏана жамгӏиял бакӏалги хасаб минаялъул цо азбарги.\nБищунго аслиял суалазда гьоркьоб рехсезе бегьула сахлъи цӏуниялъул идарабазда къайи чӏезабиги.\nГьедин, январалда районалъул больницаялда лъун бахъуна компьютералъул томографги цогидаб аппаратураги.\nБолъихъ росулъ рагӏалде бахъун буго рищни ва лъимгун хутӏелал рацӏцӏад гьарулеб комплекс байги. Сверухъ ругел районазул рищни бацӏцӏад гьабизе гӏурабгицин къуват буго гьелъул.\n2019 соналда Болъихъ районалда кӏодо гьабуна жиб гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубайги, 1999 соналъул августалда дол лъугьа-бахъинал ккаралдаса 20 сон тӏубайги. Гьелда бан районалда лъуна кӏудияб памятник: гьелъ гъорлъе рачуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветераналги, рагъухъаби-интернационалисталги, 1999 соналъул рагъул гӏахьалчагӏиги.\nГӏемерисезе асар гьабуна Болъихъе РФялъул президент Владимир Путин вачӏиналъги. Гьес лъикӏаб къиматги кьуна памятникалъе.\nГьанже ниж хӏадурулел руго 9 маялдехун районалда рагъулаб реццалъул музей рагьизеги. Гьеб букӏина памятникалда гъоркь бугеб рокъоб. Гӏаммаб куцалда Бахӏарзал ракӏалде щвезарулеб комплекс лъугьина гьелъул.\nДие, тӏоцебесеб иргаялда, бокьилаан Болъихъ район цебетӏеялъе квербакъулелщинал ракьцоязе баркала кьезе. Гьел сабаблъунги букӏана нижее 2019 сон кутакалда баракатаблъун.\nГьединго Болъихъ районалъул гӏадамазулги хасгьабун дирго рахъалдасанги дагъистаниязда баркула Цӏияб сон!\nХӏайбула АРБУЛИЕВ,\nспортсмен:\n— Тӏадагьаб атлетикаялъул рахъалъ ветераназда гьоркьоб риидал Москваялда тӏобитӏараб чемпионаталда 31-абилеб нухалдаги чемпионлъун вахъана дун. Гьелдаса хадув ахӏана РФялъул Пачалихъияб Думаялде. Гьеб мехалда гьениб гьоркьоб лъун букӏана 1999 соналда къватӏире рахъарал ополченцазе рагъул гӏахьалчагӏазе гӏадаб статус кьеялъул суал. Нужеда лъалеб батила, цеве Болъихъ районалъул нухмалъиялда вукӏарав Мухӏамадхӏажи Гӏумархӏажиевас РФялъул президент Владимир Путинида гьарун букӏана гьединаб статус кьеян.\nЦӏияб соналда хурхун дагъистаниязе гьаризе бокьилаан 2020 соналда Япониялда тӏоритӏизесел Олимпиялъул хӏаязда нилъеразе цӏикӏкӏун меседил медалал щвагиян.\nПатӏимат МУРТАЗАГӏАЛИЕВА, ДРялъул мустахӏикъай\nэкономист, Махӏачхъала\nшагьаралъул\nЛенинский районалъул\nадминистрациялъул\nбетӏерай бухгалтер:\n— 2019 соналъул хӏасилал гьарулаго, нижер районалъул администрациялъул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьуна. Гьеб бергьенлъиялъулъ дирги буго гьитӏинабго бутӏа. Нижер районалъул бетӏерги гӏадатиял гӏадамалги дир хӏалтӏудаса рази руго, гьезул рахъалдаса дие цониги бадибчӏвай щвечӏо. Ният буго бачӏунеб соналъги нухмалъулелги, коллективги, гӏадатиял гӏадамалги разияб хӏалалда хӏалтӏизе.\nХириял магӏарулазда, дирго кколективалда, росуцоязда ва гӏага-божаразда цӏияб сон дица баркила гьал жугьабаздалъун:\nЛъикӏлъиялда къвал бараб,\nКвешлъиялда мал бараб,\nРагъ-кьал тӏубан кӏочараб,\nБатаги бачӏараб сон.\nЗарипат МУХӏАМАДОВА,\n«Дагестанский» ФГБУялъул\nпачалихъалъулаб тӏабигӏияб\nзаповедникалъул экологияб лъай\nкьеялъул рахъалъ директорасул\nзаместитель:\n— Нижеца гьабураб кӏудияб хӏалтӏи ккола «Лъаратӏа заказникалде» биччараб леопард цӏуниялда хурхун гьеб районалъул росабазул гӏадамазе гьарурал бичӏчӏикьеялъулал гара-чӏвариял. «Сарыкум заповедникалда» гӏуцӏана интерактивияб музей.\nДокументал хӏадурун руго «Самурский» абураб миллияб парк гӏуцӏиялъе. Бачӏунеб соналда гьеб рагьизе ккола. Гьединго Сарыкумалъул салул гохӏ лъугьинабизе ккола Дагъистаналъул чӏухӏилъун. 2018 соналде дандеккун, 2019 соналда гьенире рачӏунезул къадар лъабго нухалда цӏикӏкӏана.\n2020 соналда магӏарулазе гьарула парахалъи, сабру, икъбал ва чӏара-хьараб гӏумру.\nЮсупбег ЮСУПОВ,\nХунзахъ район, Цӏада росу,\n«Цогояб Дагъистан»\nжамгӏияб гӏуцӏиялъул\nнухмалъулев.\n— Дида бихьулеб буго пачалихъалъул тӏадегӏанал идарабазда ва гьезул нухмалъулезда ахир-къадги бичӏчӏун букӏин нилъер гӏадамал захӏматаб рукӏа-рахъиналда рукӏин. Гьелда рекъон, президентасул «Маялъулал» указазда мугъчӏвайги гьабун, миллиял проектазул кьучӏазда пачалихъалъул бетӏерас байбихьана гьединаб ахӏвал-хӏал хисизабиялда тӏад хӏалтӏи гьабизе, цебехун киданиги букӏинчӏеб даражаялъул тадбирал тӏоритӏизе.\nГьелда цадахъго хисулеб буго политикаялдехун, экономикаялдехун, социалиял суалаздехун гӏадамазул бугеб бербалагьиги. Гьезда бичӏчӏулеб буго, нилъго рагъа-рачаричӏони, лъицаниги нилъее рахӏатаб гӏумруги берцинал шартӏалги росун рачӏине гьечӏеблъи.\n— Инсан вата, пачалихъ бата щулалъула, къуваталлъун лъугьуна къварилъи хӏехьезе ккун хадуб. Санкцияз нилъ къвакӏизаруна, тӏамуна ургъизе, хӏисаб гьабизе, цӏиял ресал-къагӏидабазда тӏад хӏалтӏизе.\nКӏиабизе, лъиениги балъголъи гуро Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб бугеб ахӏвал-хӏал хӏалуцараб хӏалалда букӏин. Лъица кинаб къимат кьуниги, дида ккола Украинаялъул цӏивищарав президент вугин бажари бугев, кӏиябго пачалихъалъул цогояб къисмат букӏинги бичӏчӏарав чийилан абун. Ахирал моцӏазда гьеб суалалда сверухъ ккараб пайдаяб багъа-бачари дица рикӏкӏуна кутакалда лъикӏаб гӏаламатлъун.\nДие бокьилаан дагъистаниязда баркизе тӏаде щолеб цӏияб сон, гьаризе сахлъи, рохел ва парахалъи. Цӏияб сонги нахъе таралдаса дагьабги лъикӏаблъун букӏаги нилъее. Дир бищун кӏудияб ва аслияб хьулгун мурад буго нилъ киналго цо халкъ гӏадин цолъун, гъункун рукӏинин. Цолъун хӏалтӏулел ругони, церехунги ине руго.\nГӏабдула МУХӏАМАДОВ,\nРоссиялъул Художниказул союзалъул член, РАНалъул\nДФИЦялъул Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб ИЯЛИялъул хӏалтӏухъан, художник,\nархитектор:\n— 2019 соналда дун гӏахьалъана Россиялдаги республикаялдаги тӏоритӏарал «Дагъистаналъул росу» абураб суратазул выставкабазда.\nБетӏерав архитектор хӏисабалда, дица проект бахъана Къахӏиб-Хьиндахъ росдал архитектура умумузул букӏараб къагӏидаялда цӏигьабиялъе, жакъа гьенир хӏалтӏаби унел руго. Дир суратазул аслияб тема ккола «Унеб Дагъистан» абураб. Дие бокьун буго умумузул букӏараб архитектураги, гьезул гӏумру-магӏишатги суратаздалъунгӏаги хадусел наслабазе нахъе цӏунизе.\nБачӏунеб соналда ният буго хасаб дирго суратазул выставка тӏобитӏизе.\nЦӏияб соналъулаб гьара-рахьиялъул бакӏалда дица абила, гьудуллъи щула гьабе, магӏишат гӏуцӏизе хӏаракат бахъе, лъай-махщалида тӏадчӏаян. Зарал рукъуге, кверал раче!\nГӏабдула МУХӏАМАДОВ,\nХасавюрт районалъул\nКъарланюрт росдал\n10 классалъул цӏалдохъан:\n— 2019 сон дие букӏана бергьенлъабазул рахъалъ бечедаб. Республикаялда ва районалда тӏоритӏарал предметиял олимпиадабазда росана призалъулал бакӏал. Бищунго рокьула химия ва физика гӏадал предметал. Дир буго гугаризе махщел, спортивиял къецаздаги чӏелал росана.\nРакӏалда буго нартихъабазул институталде цӏализе ине, гьединлъидал, цебегосеб анищ тӏубаялъул мурадалда, ният буго бачӏунеб соналъ жеги лъикӏал къиматазда цӏализе.\nКиналго магӏарулазда, мугӏалимзабазда, классцоязда ва «Хӏакъикъаталъул» коллективалда ракӏ-ракӏалъ баркула тӏаде щвараб 2020 сон. Биччанте киналго дагъистаниязе талихӏаб букӏине бачӏунеб сон.\nМухӏамад МУХӏАМАДОВ,\nДГУНХялъул\nинженерияб\nколледжалъул директор:\n— Дида ккола 2019 сон Дагъистаналъеги Россиялъеги квешаб букӏинчӏин, пачалихъалъ байбихьанин нилъер гӏумруялъул батӏи-батӏиял бутӏабазда дагь-дагьккун гӏадлу-низам, заманалда рекъарал шартӏал чӏезаризе абун. Диего араб сон букӏана гӏемер лъикӏаб, хъизамалъул чи унта-щокълъичӏого, къварилъи ккечӏого Аллагьас балагьаздаса цӏунана.\nИсана, дир пикруялда, бищун захӏматаб иш ккана ВАДАялъ Россиялъул спортсменал кӏудиял спортивиял къецаздаса ратӏа гьари. Дагъистаниязе, хасго гугарухъабазе, гьелдалъун ккезе бегьула зарал. Бищун лъикӏаб иш ккана Крымалде кьо бай рагӏалде бахъин ва гьелда тӏасан тӏоцебесеб поезд биччай."}
{"slug": "6817-khiakimzabi-khiink-arab-pak-irzabi-urkh-arab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6817-khiakimzabi-khiink-arab-pak-irzabi-urkh-arab", "title": "Хӏакимзаби хӏинкъараб, пакъирзаби урхъараб", "date": "2020-01-13 12:16:03", "categories": ["bakikos"], "text": "Физкультпривет, бахьикъосараб къавм!\nКъо гуро, моцӏ гуро, гургинаб 15 сон сверана дица нужее «досвидос» гьабуралдаса.\nКъисматалъ Болъихъе дунги рехана, рохуца холел эбелал хӏакимзабиги рукӏун ратиларищха анин ахир-къадги къойил ниж какулев ав квешав идиотилан.\nКинниги тӏад буссине хъван букӏун буго, хӏакимзаби хӏинкъараб, пакъирзаби урхъараб «Бахьикъос».\nАмма кутакалда бакӏал, кӏудиял камиялгун. Гьечӏо жакъа дунгун даим хъудулев хъвадарухъан Гъазимухӏамад Гъалбацӏов, ралъдал тӏиналдаса Майсаратие тӏугьдул рачӏарав мичман Дациев, халкъалъ Дацийилан цӏар тарав «тушман» Бакьагьечӏиса Хӏосенил Мухӏамад.\nАвторал ками малълъичӏого, «Бахьикъосалъул» гьурмалцин рикъун руго рукъбухӏадаца. Кӏиябго нижер гьумер гӏурус приложениялъе кьун батана. Хутӏарал гьурмалги, райпоялъул пайщиказ жидерго паял гӏадин, рикь-рикьун ругоан мухбирзабазда гьоркьор.\nТӏоцебесебги кӏиабилебги гьумералда гьимулев Васильевги разияв Здуновги рукӏине ккелила кидаго. Нагагьлъун гьезулги пачалихъалъулги напсалда хъатӏараб цо мухъ хъванани, Сибиралде хъетизе вугила хъван ордергун. Гьадал цо жанире гъурал «гъаримал» чиновниказда хадувго цун.\nХутӏарал гьурмазда казияталдаго нур базабулел Нурил асарал рукӏине кколила жиб-жиб анкьалъ.\nЖеги тӏаде Пайзулал, Зикрулал, Зульфиял, Замайил, Шамайил, Майсаратил, Кавсаратил макъалаби.\nКъокъаб хӏасил, цӏакъ дагьал чагӏи хутӏун ругоан «Бахьикъос» цӏи гьабиялъул суалалда диргун рукь цӏазе кӏолел.\nБугониги, жеги гӏурабго жаналда ва жигаралда вуго Салатавиялдаса эбелав автор Доктор Ватсон. Жиндирго дедуктивиял методазда рекъон хъварал асаразул тӏубараб даптар битӏун бачӏана гӏакаврачас нижехъе.\nЛъалиниб лъун гьечӏо «ханжар» Хунзахъ тӏалъиялдаса тӏуварав бахьикъос Набил Мухӏамадицаги.\nДагьа-макъаб гӏалам гьечӏо соцсетаздаги, жидерго гьунар загьир гьабизе хӏалакун. Хасго кӏудияб божи буго нижер Фейсбукалъул тӏанчӏазде.\nТӏокӏав алхинчӏого хъвадарилин нижергун къотӏи-къай гьабуразда гьоркьов вуго Мугӏрузул зонаялда тӏоцебе Гарем рагьарав Гӏинкъав Саяхъ Сасикьа Камалил Башир Сайгидахӏмад.\nСсунареб чирахъ гӏадав, амма ссвани самсим бакулареб ДТ тарахтир гӏадав Джигит Дидойскийги вуго жинца ашбазалдаса тӏагӏамал репортажал ритӏилилан керен бухулев.\nИнтернет–матушкӏабаз макьу тун хъварал ва бихьиназда сири базабулел сардил асаразеги камиларо «Бахьикъосалда» бакӏ.\nГӏемер халат гьабун щай, щвела ахир-къадги магӏарул халкъалъухъе хирияб гьобол, гьайбатаб «Бахьикъос».\nКъалам бегӏерал нижги нижеда божарал нужги лъиего ва сундуего къуркьичӏого церехун ина."}
{"slug": "6821-mashgural-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6821-mashgural-giadamal", "title": "МАШГЬУРАЛ ГӏАДАМАЛ", "date": "2020-01-14 08:03:08", "categories": ["bakikos"], "text": "Лъабго Цили буго гьаб сураталда,\nСанал къокъаниги къимат холареб\nКъадруяв Иосиф, цӏодорав Петро,\nЦӏогьалгун къеркьолев лъебел Гӏалибег\nКвегӏиса квараниде:\nЕвропаялде тӏоцебе гордо ричӏарав гӏурусазул паччахӏ Петр Тӏоцевесев.\nДагъистаналда коррупциялде нуцӏа къазе къеркьарав ва цӏогьазде хвалчен хьвагӏарав магӏарул игит\nЛъаратӏаса Гӏалибег.\nВатӏанияб рагъда фашистазда «мама» ахӏизабурав гуржиязул бахӏарчияв батоно, дунялалдаго цӏар арав полководец Генералисимус Иосиф Сталин!"}
{"slug": "6822-ganzhe-rugel-yasatsa-k-abul-gabe-dir-salam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6822-ganzhe-rugel-yasatsa-k-abul-gabe-dir-salam", "title": "Гьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам", "date": "2020-01-14 08:59:36", "categories": ["bakikos"], "text": "Магь баччизе гьод гурел, гьир баччизе жан гурел,\nМугъзада гӏеретӏ чӏвачӏел, чӏар щибали лъаларел,\nЛъаларин, кӏоларилан кӏалдиб рагӏи ругьунал!\nГьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам,\nРахьги хӏанги бокьулел, бокьалъул махӏ рихарал,\nГӏака бечӏчӏизе ккани, рачӏ кквезе мун тӏамулел,\nНагагь хӏалтӏи малъани. мугъзалъе гьури кколел,\nГьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам\nБихьанщинаб бокьулел, бокьанщинаб гьабулел,\nБугеб рахӏат гӏоларел, гӏарцул къимат лъаларел,\nКъваригӏараб жибго тун тезе ккараб гьабулел,\nГьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам.\nРосасул адаб гьечӏел, эбел- инсул кӏвар гьечӏел,\nПигура хвелин хӏинкъун, лъимадуй керен кьечӏел,\nКиниялда лъимер лъун сонек чӏван бажаричӏел,\nГьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам.\nМагӏарул гӏадат рехун, гӏурус гьабун хьвадулел,\nРахьдал мацӏ кӏочене тун, чидар лъазе гьабулел,\nЩибаб лага тӏатине, тӏад къараб ретӏел ретӏун,\nРихьизелъун хьвадулел, ясаз босе дир салам,\nГӏундузде ток бачунел, телалъ рокьи гьабулел.\nКигӏан бокьичӏониги, къабул гьабе дир салам."}
{"slug": "6828-mugialimal-ul-sual", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6828-mugialimal-ul-sual", "title": "Мугӏалималъул суал", "date": "2020-01-14 09:06:07", "categories": ["bakikos"], "text": "Кир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?\nМагӏарул мацӏ бокьулел, Магӏарулал рокьулел?\nКир ругел, магӏарула? Кин ругел, магӏарулал?\nМацӏалда чӏвалеб къоно кквезениги щоларел?\nКир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?\nМагӏарул руччабазе кумекалъе щоларел?\nКир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?\nНуже-нужер бакӏазул рахӏат цӏунунищ ругел?\nКир ругел ,магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?\nТӏу-тӏун балеб жидер мацӏ цӏунизе рачӏунарел?\nКир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?\nМагӏарул яхӏ-махӏалъул чанги харбал рицарал?\nКир ругел, магӏарулал? Дир цӏакъал магӏарулал.\nЦӏадулъе нижги рехун, рахчун руцӏцӏун чӏун ругел?\nКин ругел, магӏарулал? Кинида гӏадин ругищ\nКинидахъ кечӏ ахӏараб мацӏги къаникье тӏамун?\nКир ругел, дол бихьинал? Дол магӏарул бихьинал\nМагӏарул руччабазул ахӏи рагӏулеб гьечӏищ?\nКир ругел, магӏарулал? Цӏакъал дир магӏарулал,\nЦӏакъал харбалги рицун хвезе мацӏги тун чӏарал?\nКир ругел, магӏарулал? Рахӏат цӏунунищ ругел?\nРахӏат хун ругьуназде мацӏ цӏуниги рехун тун?\nКин ругел, магӏарулал? Дир магӏарул бихьинал\nКваназе ретӏизе жо камичӏого ругелищ?\nРатани, гьеб гӏелаха, хутӏараб нужее щай?\nБаси хвани гьан щвела, гьоко хвани цӏул щвела."}
{"slug": "6829-mutagiilasul-zhavab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6829-mutagiilasul-zhavab", "title": "Мутагӏиласул жаваб", "date": "2020-01-14 10:21:07", "categories": ["bakikos"], "text": "Кинха рукӏинел, Сарат,\nРасги лъикӏаб хӏал гьечӏо —\nЛъади къураб къайи-керт\nКъанагӏат батуларо\nБер къинкӏани къватӏибхун,\nКъоца магӏирукъ лъола,\nКъоролалда квер хъвани.\nХъахӏилаб цӏа бакула\nИслам-диналъ беццараб\nМагьар лъелин кӏалъани,\nКӏудияв суфийилан,\nМоцӏаз, саназ ссур пула\nСанагӏат « рекъечӏого»,\nРокъове кватӏанани,\nКӏутӏбиги хъахӏил гьарун,\nХъумурин рогьо бала\nРагьунги хӏалбихьана —\nХӏалхьи кьечӏо кьвагьадаз,\nБахчунги цӏакъ къеркьана —\nКъуркьичӏо къо бухӏадал\nКинха ниж ругел, Сарат?-\nСородилел, гьардолел\nРуччабазул судалда\nСанал дагьал кьегиян\nМаданият кӏочана\nНужер кӏарчанлъи бихьун,\nАдабият рихана,\nБахул мухбир яхъиндал.\nКинха ниж ругел, Сарат\nРасги лъикӏ гьечӏо, гьудул\nАвар мацӏ кин цӏунилеб,\nНижго цӏунани гӏела"}
{"slug": "6830-imam-shamil-ramzan-va-khiabib", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6830-imam-shamil-ramzan-va-khiabib", "title": "Имам Шамил, Рамзан ва Хӏабиб", "date": "2020-01-14 10:34:11", "categories": ["bakikos"], "text": "РАМЗАН:\nАхӏун хӏурмат гьабуна,\nИномарка дуй щвана,\nШамил дица какидал,\nКинха мун тӏад рекъечӏев?\nХӏАБИБ:\nХӏурматалъухъ баркала,\nДаим кӏочон теларо.\nАмма машинабазухъ\nШамил дица кьоларо.\nИМАМ ШАМИЛ:\nНижер араб замана\nЗанабакь кьижун буго,\nРукьбузулгун кьал ахӏи\nБахӏарчилъи кколаро."}
{"slug": "6834-gik-ichionigi-bitsina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6834-gik-ichionigi-bitsina", "title": "Гьикъичӏониги бицина", "date": "2020-01-15 10:36:42", "categories": ["bakikos"], "text": "Ясаз васал толел гьечӏилан тел бачӏун буго «Бахьикъосалде» Мичӏчӏикӏкӏалахъ росдал семилеткаялдаса.\nСуал:\n— Битӏахъе ахир заман рещтӏун буго, ваккун вас толев гьечӏо ясаз. Щиб дарман гьабилеб, хӏалкӏолев Аллагь? — илан гьикъулеб буго Магал эбел Гуляца.\nЖаваб:\nЯсаз васал толареб\nТамашаяб замана-\nИнтернет – тушман къайин\nТел битӏе Тӏад вугесухъ\nТӏокӏаб выход гьечӏоха, хирияй Гуля. Иначе, гуляй, Васяйинги абун, ина дур вас ясаз по рукам.\nСуал:\nГӏемерал рос-лъади ратӏалъулел руго ахираб заманалда. Щиб гӏилла гьелъие, нужер пикруялда?\nЖаваб:\nХъизаналда гьоркьоб кьватӏел ккеялъе\nКьури гьечӏеб буго цохӏого гӏилла:\nЧӏужуялъулъ буго чӏужулъи бергьун,\nРосасулъ ссун буго сонисеб рослъи.\nКарочи, эбелхвадазул гьава цӏикӏкӏун буго, эмехвадазул — цӏан гӏодобе ккун буго.\nЭБЕЛАБ СУАЛ:\nДир чӏужу лъимаде йикӏун 13-абилеб моцӏ буго.\nЛъил гӏайиб гьеб — тохтурзабазулищ, дирищ, дунялалда бугеб атмосфераялъулищ?\nЭБЕЛАБ ЖАВАБ:\nЧӏужу лъимаде йикӏун,\nЛъабго сон балеб буго,\nЛъимер бачӏунеб гьечӏо…\nБакъараб улкаялде.\nРес букӏарабани, цо бакӏ нижецагоги балагьилаан рахча-хьван чӏезе. Пайда щиб, гьединаб бакӏ гьео…ургьиб гурони."}
{"slug": "6835-ramazangi-khizrigi-khanl-uda-khutianani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6835-ramazangi-khizrigi-khanl-uda-khutianani", "title": "Рамазанги Хизриги ханлъуда хутӏанани…", "date": "2020-01-15 10:50:00", "categories": ["bakikos"], "text": "Кризисилан цӏарги чӏван,\nЦӏорон буго Россия,\nНефтедолларал дагьльун,\nДугъдан вуго Володя.\nЕвро эхеде ххарун,\nХолеб буго гъурщил сси,\nСабурав Медведевцин\nМагӏид вуго вецӏцӏулев.\nВуцӏцӏунги чӏун гьимулев,\nДамдамун хваяв Дональд,\nАб дуниял жидерин,\nЖалги демократалин.\nДагьалги тӏаделъани,\nТӏомода лъелин Раша,\nЛъикӏ санкцияз къакъани,\nКьоринив ккелин Иван.\nИна буго гьединан\nГьаб дунялалда дагӏба,\nДонбасалда, Сириялъ\nСсур буго пулеб жакъа.\nАмма сабру кӏудияв\nКӏиго чиновник вуго,\nЧухъа ретӏун, чу кьолон,\nЧабхъад ине хӏадурго.\nКъварилъиялда хадуб\nГӏатӏилъи камуларин,\nЧанги дефолт букӏанин,\nНекӏого кӏочон танин.\nТалихӏалъ, Путин вугин,\nПетерпуталъул игит —\nИГИЛалда мал базе,\nТарампида квелъ базе.\nПутинил рейтинг хвани,\nПараяль гьевги хисун,\nДима ханлъун вачӏинин,\nХадубги роцӏцӏун инин.\nХалкъалъги цӏидасанго\nРакӏбацӏцӏалъи цӏехелин,\nЦӏадабе нарт пулезда\nПири ццидал речӏчӏилин.\nРамазанги вукӏинин\nЛагълъи тӏагӏинабулев,\nТӏубараб къого соналъ\n«Дедица» къачӏан кьураб.\nДагъистанги борчӏилин\nГъваридаб макьидаса —\nБокьухъе заман бугин,\nЗурма пузе панаго.\nКъокъаб калам, кинабго\nРукӏалиде бачӏинин —\nРамазанги Хизриги\nХанлъуда хутӏанани.\nХадурагӏи:\nРамазан Белый Домалъ\nДовего вачун ана,\nДур миссия тӏубанин,\nТӏадчагӏи разилъанин.\nХизриги жанив гъечӏо,\nГъаримал вацал гӏадин,\nЖакъаги кьерда вуго,\nГьечӏел михъалги кьурун!"}
{"slug": "6836-doktor-vatsonil-insutsa-razhi-chiarab-kuts", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6836-doktor-vatsonil-insutsa-razhi-chiarab-kuts", "title": "Доктор Ватсонил инсуца ражи чӏараб куц", "date": "2020-01-15 11:14:08", "categories": ["bakikos"], "text": "«Бахьикъосалде» гӏемер хъвадарулев вихьула гьав «Доктор Ватсон» цогидазул жал рицун. Жиндирго мунагьал чураяв инсул ккараб жо щай гьес бицунареб?\n«Доктор Ватсонил» эмен Гӏу-марасхӏабил хур букӏана гӏадамал гӏемер хьвадулеб нухлул рагӏалда. Щивав нухлуласул салам буссинабизеги гьезул суалазе жавабал кьезеги кколел рукӏун, Гӏумарасхӏабил хӏалтӏи цебехун туркӏулеб букӏун гьечӏо.\nАхирги ццин бахъарав гьес чӏужу йитӏун йиго рокъоса хъорщол кесекги щакъи-къаламги босизе.\nХъорщол кӏиябго рахъалда Гӏумарасхӏабица хъван буго:\n«Ва гӏалайкум салам, дунги квеш гьечӏо, гьале ражи чӏолев вугоха», — ян.\nВа гьеб щула гьабун буго нухлул бакьулъ.\nГьедин нухлулазул кӏалалги чӏезарун, хуриб ражи бекьиялъул хӏалтӏи ахирги рагӏалде бахъинабун буго гьес."}
{"slug": "6837-k-ulgu-tsialunilan-kin-k-abull-uleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6837-k-ulgu-tsialunilan-kin-k-abull-uleb", "title": "Къулгьу цӏалунилан кин къабуллъулеб", "date": "2020-01-15 11:19:23", "categories": ["bakikos"], "text": "Цӏаруе бикьараб\nсадакъаялъул,\nСиратӏалъул кьода щиб\nдуй батилеб?\nРеццалъе гьабураб\nгӏаданлъиялъул\nГӏакӏа ахӏанани,\nкири кин щвелеб?\nЦцингун жахӏдаялъул\nжанисан цӏураб\nРекӏелъ гурхӏел-рахӏму\nкинан лъугьунеб?\nГӏарац — боцӏи гуреб\nмацӏалда гьечӏес,\nКъулгьу цӏалулилан,\nкин къабуллъулеб?"}
{"slug": "6841-avar-matsiishch-yagi-tsiumadisesul-garemishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6841-avar-matsiishch-yagi-tsiumadisesul-garemishch", "title": "Авар мацӏищ яги цӏумадисесул Гаремищ?!", "date": "2020-01-15 11:31:34", "categories": ["bakikos"], "text": "Пьесаялда релълъараб жо\nТӏоцебесеб пардав\nПардав рагьарабго бихьизе буго, казиятазги журналазги жаниб бугӏун цӏураб ва багӏарбакъ гӏадал мусудуз гвангъизабураб, «Миллат» газеталъул кутакалда гӏатӏидаб, эркенаб, берцинго къачӏа-кӏатӏараб кабинет.\nЦӏуял жалазда гьоркьов, инсул рокъов гӏадин, эркенго хьвадулев вуго берцинаб куц-мухъалъул, къокъабго лага-черхалъул, даим релъанхъулел сихӏирал саяхъал беразул цо чанкӏкӏарав чи. Гьев вуго гьунар тӏокӏав журналист, блогер, эксперт, экс-президентасул экс-советник, ай кваранаб квер, киналго олигархазул кореш, частни газеталъулги госжурналалъулги бетӏерав Удаман Бисавгӏалиев Мухӏамад.\nГьасул кабинеталъул къадазда чӏвачӏев бахьикъосго гьечӏоан — Гӏибранил Хӏажиясдаса байбихьун, Лологъонилъа Хӏапизатиде щвезегӏан.\n…Интернет-руччабазулги гьаний ячӏинчӏей гӏаданго гьечӏоан — я журналистал, я блогерал, я лингвистал, я администраторал, я модераторал.\nНусго батӏияб должность-цӏаралъул цӏвака-гӏанкарал барышняби гӏахьаллъулеб эбелаб мажлис бачине хӏадурго вугоан лъебелазул бис гӏадав вас.\nБисав (умний видги гьабун, киналго руччабазде беглый взглядги рехун).\nДир хириял руччаби, коллегаби!\nЖакъа гьоркьоб лъолеб суал буго, цӏакъ тату хвараб, рекӏеда рекӏараб, рикӏкӏен гӏемерал цӏодорал гӏадамазги гӏемер бицараб, борцараб, цӏалкӏараб — «Кин цӏунилеб магӏарул мацӏ…магӏарулаздаса» абураб.\n(Шефасул щибаб рагӏи, щибаб хӏухьел на ходу хватать гьабулеб бугоан творчески руччабаз, ай, гӏибадаталда муридзаби гӏадин, постоянно сайтазда сардал рорчӏулел чӏурканал интернет — матушкӏабаз.\nГӏурусаз абухъе, с особым трепетом гӏинтӏамун ругоан гьел Бисасул выступлениялъухъ).\nБисав. Миллаталъего кӏвар бугеб гьаб кӏудияб суалалъул важностги чувствоват гьабун, нилъеца даже Ассоциация гӏуцӏана мацӏ цӏунизе. Кӏудияй мугӏалим Мухидиноваги тӏамуна гьелъул Генералияй директорлъун. Мукӏурлъизе ккола, Баху Бикаца лъалеб туркӏи ккезабуна мацӏ цӏуниялъул ишалъулъ. Я макьу гуро, я квен-тӏех гуро — тӏубарал суткабаз сайтазда йиго гӏалимчӏужу .. магӏарул мацӏ цӏунулей.\nИнтернет-матушкӏа. Кинабго жо гьелда тӏад къачӏого, нижги хӏалтӏизареха, хӏалчӏахъаяв Шеф. Мисалалъе, дир творчествоялъул тӏубараб застой буго гьаб ахираб заманалда. Я сахаб, миллаталъего кӏвар бугеб, макъала хъвазе кӏолеб гьечӏо, я интересаб, тӏолалго блогерал бахиллъулеб, пост лъезе бажарулеб гьечӏо,\nЦо Бахуе кумекалъе магӏарухъегӏаги щай дун йитӏуларей?\nБисав. Творчествояли дур кидаго тату хвараб букӏанин, тӏокӏав мадарав чи гьечӏолъиялъ аскӏой таниги.\nБаху Бика щиб мухъалдехун мацӏ цӏунулей йигей?\nБлогерша. Багу-чӏамалазул рахъалдехун уней йигилан кӏалъана радал. Тӏадюссуда Болъихъеги сверизе йигила, заман гӏунани, Гӏанди мухъалдеги яккилила.\nБисав. Гӏандадерие магӏарул мацӏ щай гурин, щакал сапаралги тун, Гӏахьвахъе сверейин абе магӏарул мацӏ бицунел Местӏерухъ, Ингердахъ росабалъе.\nЯчӏинахъего Местӏерухъ Дом культураялда мунагьал чураяв Гӏабдулпатахӏил вечер памятиги гьабейин абе. Кутакалда магӏарул мацӏ хирияв чи вукӏанин.\nТӏоцеесей интернет-матушкӏа (нечон холаго)\nМагомед Исмаилович, дур дандечӏей гьечӏони, дунги инаан Гумбет мухъалде магӏарул мацӏ цӏунизе….\nБисав. Гумбеталде гӏадамас гали бахъизе кколаро. Гьарадерихъа Хӏамзат эхеде аралдаса мацӏалъул суал бакълъулазул лъоба битӏахъе моцӏроде боржанилан абулеб буго халкъалъ. Цониги рухӏ гьечӏила жакъа гьениб гӏурусалъ кӏалъалеб.\nЦӏилкьадерил цо-цо товарищал рукӏунила гьоркьор-цере мадугьалзаби-гӏандалгун гӏурусалъ гаргадулел, но гьебги временний жо бугилан ракӏчӏун вуго гьалмагъ Изудинов. Яги бацӏцӏадаб магӏарул мацӏ бицине тӏамилила жинца гӏандал, яги, Цӏиликьа гурел, жидерго чачаназул дораса хьвадизе ругила рехе-эхеде гьел хьиндалал рихарал ханыгаби.\nГумбеталъул главредасул гьеб гучаб лъазаби некӏого щун рагӏула гӏандадерихъе ва щибаб рухӏ тӏаделъун бугила тӏокӏкӏараб куцалда аварский язык изучат гьабиялде.\nМодератор. Дирги буго цо идея. Давай нилъеца, бахьикъосазул удаман Гӏандийскийги гьоркьов цӏан, роцӏцӏинабизе авар мацӏ Гӏанди вилаяталда. Бахулги гьудул вуго гьев канкретний.\nБисав. Воре, воре гьев чи мацӏалда аскӏов къазего тоге. По образованию авар мацӏалъул мугӏалим вугониги, в душе конченный чачанав вуго. Объединенный номералинги абун, чачан мацӏалда райгазета биччалев чияс авар мацӏ кин цӏунилеб? Гьеб буго бацӏазда гӏи божизаби гӏадаб жо. Андийцы и в Африке андийцы…\nМаарулацаги андадерил мацӏцӏи бицине ккола, Мугьамадилан чӏезеги нахъе къазе гьечӏо.\nВитӏани тӏил, гьетӏани щайтӏан гӏадав Гӏандийскийги живго тун, нилъеца гьеб суал Сайпуев Хӏажиясда тӏад къала. Ичичӏалиса кьалбалги руго, Аллагьас пагьму- гьунар кьурав журналистги вуго, заочно букӏаниги, ДГУялъул русско-дурацкий отделениеги (РДО) лъугӏизабуна.\nБлогер. Хъвадарухъанги вуго. Кьохъа Мухӏамадил хӏакъалъулъ саламатаб тӏехьги жоги биччарав.\nБисав. Палхӏасил, гӏандал Сайпуевасда тана. Гӏахьвалал-кӏкӏаралал тӏуранго тана, Местӏерухъ- Ингердахъ гьоркьосаги бахъун. Жал магӏарулал гурин ООНалде хъвадарулел чагӏазда магӏарул мацӏ малълъиги гьороде данде квешаб иш гьабиги цого жо буго.\nХьиндалазде гьоркьоре жал рехарав халкъалъул тушманилан, церего рукьби турарав, Данияловги толев гьечӏо гьез.\nЖидерго басмаги бахъулеб буго, гӏалам урхъараб, Ашвадойин цо волшебный цӏарги лъун.\nТӏоцеесей Интернет-матушкӏа. Цӏумадисезда щиб все-таки гьабилеб? Цо Бахуда рехун тани, туркӏиго букӏинадай?\nМодератор. Сасикьа Сайгидахӏмад вугогури бацӏцӏадго авар мацӏги бицунев, гӏезегӏан пагьму-гьунарги бугев чи. Амма руччабаздаса регӏиладай, эмехвад лъаларо. Тӏокӏав вахъинчӏого руччабазде рокьул саринал хъвалев вукӏунаха Фейсбукалда.\nБисав. Жакъаго чапар витӏила Гӏинкъасухъе нилъерго мажлисалъул мурадги бицун. Авар мацӏалдасаги цересел жалищ гьал руччаби, ничего себе?!\nПервый делом самолеты, ну а девушки потом…\nЛъабабилей Интернет-матушкӏа. Метер магӏарул мацӏ хвезе батани..\nХоралъ кечӏ ахӏулел Бисавги руччабиги.\nДагь-дагьккун къуна гьаркьал, ссуна канлъи ва къала пардав."}
{"slug": "6844-dunyalal-ul-k-oyal-k-varid-telaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6844-dunyalal-ul-k-oyal-k-varid-telaan", "title": "Дунялалъул къоял къварид телаан…", "date": "2020-01-15 12:52:22", "categories": ["bakikos"], "text": "Емельян Пугачев, гьанжегӏаги щай\nШамил дургун гьудул гьавичӏев дуца,\nГьадав башкирияв Салаватида\nЦадахъ бегьуларев чиги гурелъул\nР. Хӏамзатов\nЯ, хӏурматияв шеф гьанжегӏаги щай\nБисав дургун гьудул гьавичӏев дуца\nГьадав экс-редактор Гӏариповасда\nАскӏов бегьуларев чиги гурелъул.\nДуде дагӏба балев гуро, Камалов,\nКоллективалъ буго тату хвезабун,\nМагӏарул халкъалъул «Хӏакъикъат» дуца\nХӏакъалдаса кида махӏрум гьабилеб?\nМун вукӏуна даим ращалъи бугин\nБищун аслияб жо коллективалъе,\nМухбиразе шартӏал гӏуцӏулеб мехалъ\nЦояв батӏа гьави битӏунищ бугеб?\nДанделъабазда рецц — Патахӏовасе,\nПамятник лъезе бакӏ — Гӏисаевасе,\nТелефон, кабинет — Гӏандийскиясе,\nГӏарцулал сайгъатал — Бахумеседой.\nДунялалъул къоял къварид телаан,\nТарихалдениги виччалевани,\nДол къеда даларал портретазда гъорлъ\nЦо гьитӏинаб сурат дирги седани.\nЖал «дедал» ругила, мун «дух» вугила,\nДаим гӏазаб кьола Нигӏматулаца,\nБатӏаго бетӏерав гьечӏонаниги,\nРедакторлъунгӏаги дун бегьуларищ?\nДун Лъаратӏасайин ватӏа гьавуге,\nГьадинги нижерал дагь ругин гьанир,\nНужер гъунисезул свериялда гъорлъ\nЛъебеласги бакӏ кквей бакӏлъунцин гурищ?\nДун хӏалтӏуде восун лъагӏелги ана,\nЛъелго хьвадулаго хьиталги хвана,\nХъахӏаб Волгаялъул бицинароан,\nЦо гӏорцӏен босизе гӏарацниги кье.\nГӏаммаб рахъ рехсани, цӏакъ рази вуго\nЦӏиял кабинетахъ гӏодов чӏезе щун,\nУстулал росиялъ, бакӏал хисиялъ,\nХаличаби тӏамун, жанахӏ къачӏаялъ.\nХарж-мухьалъул суал борхараб мехалъ\nХадуб лъикӏ букӏинин хьул лъезабиялъ,\nЖеги цӏакъ дудаса дун разилъана,\nСобкоразул нуцӏби цӏорол гьариялъ,\nАквариумалъур ччугӏби кинниги,\nЧалухал мусудул цере рукӏиналъ.\nЦоги гьари буго, ясахъе унин,\nИне бакӏ тӏагӏарав, диде вагъуге,\nЗульфиягун Ума абилароан,\nКумсиятгӏаги те керен чучизе"}
{"slug": "6846-sibiralde-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6846-sibiralde-sapar", "title": "Сибиралде сапар", "date": "2020-01-15 12:56:12", "categories": ["bakikos"], "text": "Дидоязул Джигит дунялалдаго бищун цӏодорал чагӏазул форумалде ахӏидал хъвараб эбелаб сарин.\nИна вуго лачен, руччабиги тун,\nСибиралде витӏун\nтӏадчагӏаз жакъа,\nТӏолгодунялалъул гӏакъилаб\nфорум\nГьав къайис гьечӏого\nданде кколарин.\nДагъистан урхъараб\nхъурайсинги лъун,\nХъирим гӏадин вуго\nВИПзалалда чӏун,\nЗодир цӏваби гӏадал\nцӏвакарал ясаз\nЦӏумур кьабизегӏан посадкаялъе.\nЦиндаго яккана микки гӏадай жо,\nДжигит капитанас ахӏулев вугин,\nОбщий рейсалъ гурев\nмун Сибиралде\nТӏадчагӏаз чартералъ\nвитӏулев вугин.\nЧалухаб рилълъингун,\nкалсоналберцин,\n«Комсомолкаялда» хадув\nкъокъана…\nКъуватаб гьаракьгун,\nцо пассажиргун,\nПилот Севералде вуго воржунев.\nЭрмени гӏодоса, Дидой зодоса,\nГьабни битӏун гьечӏо,\nБетӏергьан Аллагь\nКвачан холей Ара,\nвежулев Джигит,\nКиб бугеб ритӏухълъи\nдуниялалда?\nДагь-дагьккун ссун ана\nмоторазул сас,\nШеф-повар рещтӏана\nСибир ракьалда:\nГьороца хъамулеб Симонянил рас,\nХъахӏал калсоназда\nквашулеб цӏорой.\nЦӏогьадго гьимана гьалъие Дидо,\nДанде Эрмениги угьдана балъго,\nБуго цо лъалареб берцинлъи гьаниб-\nБицина тӏолабго тӏад вуссингун гьас!"}
{"slug": "6848-moj-byudzhetnyj-magiishat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6848-moj-byudzhetnyj-magiishat", "title": "«Мой бюджетный магӏишат»", "date": "2020-01-15 13:05:39", "categories": ["bakikos"], "text": "Ракьандаса рачӏ ккун букӏана нижеца «Мой город», «Моя вода», «Моя чистая среда» абурал чанкӏкӏарал конкурсазулги, къецазулги, къойилго гьарулел гьал рекламабазулги.\nНижер букӏине буго «Мой бюджетный магӏишат» абураб эбелаб конкурс.\nГьелда гӏахьаллъулезе букӏине гьечӏо кинабгӏаги гӏорхъичӏвай – я ригьалъул рахъалъ, я лъаялъул рахъалъ, я криминалияб стажа-лъул рахъалъ.\nКонкурсантаздаса тӏалаб гьабулеб аслияб жо буго кигӏан кӏваниги гъваридго бюджеталда кӏутӏизе лъай-педералияб, республикаялъулаб, районалъулаб батӏалъи гьечӏого.\nЛъимерлъиялдасаго цӏогьодизе лъалев, ай мадугьаласул хоно, херав чиясул пенсия, рагъул ветеранасул орден-медаль бикъарав чи вугони, гьев автоматически финалалде ворчӏула.\nЦо къониги туснахъалда бахъарав зекасеги гӏезегӏан тӏокӏлъаби рукӏине руго конкурсалда.\nКонкурсалъул буго лъабго номинация:\n1. Цӏогьор года союзного значения.\nАй тӏолабго улкаялъул казнаялде кӏвер бегьизе кӏварав бахӏарчи\n2. Ришватчи года республиканского значения.\nАй республикаялда жаниб кьоле-толеб жоялъул жавабияв жуликӏ.\n3. Универсал года районного значения.\nАй бикъа-хъамизеги, бикъаралъул саламатаб бутӏа тӏаде кьезеги лъалев, лъайги гьечӏев, гӏададаго институталги лъугӏичӏев, кинабго левый рахъ дурусав, деловой хӏалихьат.\nБергьарал чагӏи, басриял чиновниказул магӏишат понцӏорабго, цӏан гьелги нахъе рахъун, гьезул бакӏалде тӏамизе руго.\nКоррупциялде данде къеркьолел погонал багӏараз пуланаб болжалалъе жанир лъеялдаса цӏунизе кӏолин гарантия кьезе нижеда кӏоларо. Бокьараб мехалъ Сибиралде хъетизе рес буго щивасул.\nАнкьцӏул борце, цин къотӏе!"}
{"slug": "6863-magiarulaz-ginnessil-rachi-kkun-bukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6863-magiarulaz-ginnessil-rachi-kkun-bukiana", "title": "Магӏарулаз Гиннессил рачӏ ккун букӏана…", "date": "2020-01-17 11:23:22", "categories": ["bakikos"], "text": "Щивали лъаларев Гиннессил бицунел рукӏуна цо-цо гӏадамал.\nАл пакъирзабазда щибха лъалеб нилъер гьанив щивав бахьикъос рекордсмен вугеблъиги некӏого гьез Гиннессил ракьандаса рачӏ ккун букӏараблъиги.\nНужее хӏужжаби, далилал, уйищ? Накку гӏадин рачина.\nВосилин Гъуниб районалдаса Мухӏамад Хӏабибович. Гӏажаибаб хӏара, хӏаракатав гӏалимчи, гӏемерал пикрабазул хан, хадур нилъ гъоларел идеябазул хважаин!\nЖибго Китаялъцин пикру буссинабураб цо кванил чип ургъун рагӏула гьев магӏарул гӏалимчияс дагьаб цебегӏан. Гьеб жоялъ малъулеб рагӏула чиясда кинаб квен кваназе лъикӏабали ва щиб къагӏидаялда къулчӏизе кколебали. Гьединаб чип чияхъ лъихъниги гьечӏила, ай дунялалдаго цо бугила.\nГӏажаибав хӏара вугелъулха МГУялъул парафессор Мухӏамад, гьес исана культура бокьулеб халкъги хӏикмат гьабун буго.\nМахӏачхъалаялда бугеб жиндирго «Журавлик» абураб интеллектуалияб Империялъул рагьтӏа гьес эхетизабун буго цо чанго метр борхалъи бугеб магӏарулазул халкъияб музыкалияб алат – Пандур.\nНагагь кечӏ ахӏизе гъира ккарав кочӏохъанасул рес буго пандриде жанивеги лъугьун кечӏ ахӏизе.\nПалхӏасил, парафессор Хӏаби-бовичасги магӏарулазги Гиннессил рачӏ ккун букӏана некӏого."}
{"slug": "6864-internet-shchajtian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6864-internet-shchajtian", "title": "Интернет – щайтӏан", "date": "2020-01-17 11:38:13", "categories": ["bakikos"], "text": "Кӏарчанаб, чорокаб, чияхъа щвараб,\nЩайтӏан-интернеталъ унтизабураб ,\nДирго миллаталде, магӏуги чвахун,\nЧанго куплет буго копойго хъвараб\nМага Гуглиясул\nГорбода хурхун,\nИнтернет матушкӏа\nМуи йихьулищ,\nМайсаратил селфи\nСайталдаги лъун,\nСеть Хӏасаниласул\nГьими бихьулищ.\nБраузер Хатица\nХадуйги лъугьун,\nХалид Фейсбукалде\nАхӏулев вуго,\nАхӏмад Игнорица\nИргадал, тӏадчӏун,\nТӏолго ясазухъе\nОтказ битӏулеб.\nОльга Дабуляде\nДаитбеговас\nДуниял урхъараб\nХъван буго назму.\nХъайтмаз, гӏарацги кьун,\nТӏубараб анкьалъ\nЭротканалазда\nКвелъ балев вуго.\nЛъидаго лъалареб\nАдресги ричӏун,\nСуткабаз йорчӏуда\nЗамужни Саля\nСаки Къороллъуда\nКъваридай пакъир\nЦо рекӏелгъеялъе\nМузонги биччан\nСираж кьижичӏого,\nДолъухъ кьурулев\nДур Контакт сасараб\nСордо кӏваричӏин.\nБарият кӏал балей\nБолатханида\nБегло валагьанин\nЖиндир блогазухъ.\nМазила Заира\nЗодой йоржуней,\nЗаур Питерскияс\nПиривет биччан\nПатӏимат Лайкида\nДуниял кӏочон\nДайгьанатил росас\nЗапросги бачӏун\nРичӏун буго сардаз\nСуайбатил Мир\nДабро пожаловать\nЖена кьижарал!\nКьварарав гӏиявехь\nМугӏрул тӏогьиса\nВаляхъе кӏалъалев\nВайбералдаса\nБадрудин Кӏогьорский,\nКӏодоги йиччан\nКӏарчанай виртуал\nЯчине бокьун."}
{"slug": "6865-medvedev-khisana-mishustinitsa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6865-medvedev-khisana-mishustinitsa", "title": "Медведев хисана Мишустиница", "date": "2020-01-17 11:51:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде хитӏаб гьабун хадуб улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабуна Конституциялъул 117-абилеб статьяялда рекъон хӏукумат гӏодоб чӏолеб бугин абун.\n«Федералияб собраниялде хитӏаб гьабулаго Владимир Путиница рорхана кӏвар бугел суалал. Гьел киналго гӏумруялде рахъинаризе ккани улкаялъул президентасе хӏукуматалъ, ай нижеца нухал рагьизе ккола. Жакъа къоялдаса нахъе дун ва министрзабазул кабинет хӏалтӏудаса гӏодор чӏолел руго. Дунгун цадахъ хӏалтӏарал киназего баркалаги буго», — ян абуна Дмитрий Медведевас.\nПремьер-министрасул хъулухъги тун щибха гьабизе бугеб Дмитрий Медведевас? Гьеб суалалда тӏад живго премьерги, гьесул ургъел гьабулелги гӏемер заманалъ ургъизе течӏо Владимир Путиница. Гьес Медведевасда лъазабуна улкаялъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул нухмалъулесул заместителасул бакӏ тӏаса бищизе бегьулин. Амма цӏияб хӏукумат тасдикъ гьабизегӏан министрзабазул кабинеталъ заманаялъ хӏалтӏи гьабизе кколинги тӏаде жубана президентас.\nХадув президентас вихьизавуна Медведевасул бакӏалде вачӏине бегьулев кандидат. Гьев ккола федералияб налогазул хъулухъалъул нухмалъулев Михаил Мишустин.\nРехсараб идараялъе гьес нухмалъи гьабулеб буго 2010 соналдаса нахъе. Мишустин щвана президентасухъе, дандчӏвана Пачалихъияб Думаялъул фракциязул нухмалъулелгун.\n«Мишустин вуго тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабулев, гӏакълу камилав ва лъай бугев махщелчи. Гӏицӏго налогазул, финансазул гуребги, гьесда бичӏчӏула цогидаб бокьараб рахъги. Хӏакъаб жо, гьесул нухмалъиялда гъоркь хӏукуматалъги цебехун гали лъезе букӏин», — ан абуна Пачалихъияб Думаялъул спикер Вячеслав Володиница.\nМишустин вачӏиналдалъун хисизе рес буго хӏукуматалъул социалиябгун экономикияб политика. 2019 сон щвезегӏан гьелъ кӏвар кьолеб букӏана нахъраталил фондалде, ай хӏалтӏулеб букӏана хӏалкӏун бюджеталъул гӏарацги цӏунун. Хӏукуматалъул чӏухӏилъун букӏана профициталда лъа-гӏалилгун къо-лъикӏ гьаби."}
{"slug": "6866-kadriyal-tsiar-kuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6866-kadriyal-tsiar-kuna", "title": "Кадриял цӏар кьуна", "date": "2020-01-17 12:00:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ногъаязул машгьурай шагӏир ккола Кадрия Темирбулатова.\nГьелъ ногъай мацӏалде руссинаруна машгьурал шагӏирзабазул асаралги. Машгьурай ва махщел камилай шагӏир гӏолохъанго, ай 1978 соналдаго къадаралде щвана.\nНогъаялги турказул нас-лулъидал, дунялалдаго TÜRKSOY абураб цӏаралда гъоркь хӏалтӏулеб гӏуцӏиги гьелъул филиалалги руго дунялалъул батӏи-батӏиял улкабазда. Гьеб гӏуцӏиялъул церехъабаз церегӏанго къоязда Турциялъул лъабго шагьаралда тӏоритӏана Кадриял хӏурматалда батӏи-батӏиял данделъаби.\nМасала, гьединаб данделъи тӏобитӏана Яловаялъул Чифтликой районалда. Чифтликоялъул мэрасул хӏукмуялдалъун (гьев ккола гъарачай миллаталъул чи), районалъул цо къватӏалда гьелъул цӏарги\nлъуна.\nСураталда: квараниса кве-гӏиде: Чифтликкоялъул мэр Гӏали Мурад Силпагар, ногъай миллаталъул вакил, TÜRKSOY гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъан Дусен Касеинов, Яловаялъул депутат Хӏасан Сойгюзел."}
{"slug": "6867-gitiinav-mukhiamad-madani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6867-gitiinav-mukhiamad-madani", "title": "Гьитӏинав Мухӏамад Мадани", "date": "2020-01-17 12:04:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Яловаялда бугеб Дагъистаналъул жамагӏаталъ къватӏибе биччалеб «Дагъистан» журналалъул редактор Гӏали Асхар Текиние ва хъизан Фейзалие гьавурав васасда лъуна Мухӏамад Мадани абураб цӏар.\nКӏикӏуниса шайих Мухӏамад Маданил лъабабилаб наслуя-лъул чи вукӏиналъ ва кӏудияв инсул хӏурмат гьабун лъуна гьез гьеб цӏарги васасда.\nКӏикӏуниса шайих Мухӏамад Мадани вуго, Яловаялъул Гюней росулъ чӏей гьабун вукӏарав ва Дагъистаналдаса Турциялде (1886) гочарал мугьажиразе цевехъанлъи гьабурав чи.\nМухӏамад Мадани, гӏоло-хъанаб мехалда, чодаги рекӏун Кӏикӏуниса Сугъралъе, Гӏабдурахӏман-хӏажиясухъе гӏелму цӏализе унев вукӏун вуго. Нахъги вуссунев вукӏун вуго батӏи-батӏияб заманалда. Амма рокъове щванщинахъе лъадуца гьесда церелъолел рукӏун руго хинлъилаго ругел хинкӏал. Цо нухалъ Мухӏамад Маданица гьелда гьикъун буго гьалъул хӏикмат щибилан. Хъизаналъги жаваб гьабун буго мун чодаги рекӏун вачӏунеб мехалда пуланаб нохъоялде цеве щведал жинца хинкӏал цӏетӏа лъолин.\nМухӏамад Маданица анкьго соналъ цӏалулеб гӏелму, лъабго соналда жаниб лъугӏизабун буго. Гьелъул хӏакъалъулъ Гӏабдурахӏман-хӏажияс абун буго гьеб гӏелму гьадигӏан хехго дуца цӏали дур хъизаналъул кумек букӏин бугин."}
{"slug": "6868-dobgo-khuriv-dovgo-musa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6868-dobgo-khuriv-dovgo-musa", "title": "Добго хурив – довго Муса", "date": "2020-01-17 12:06:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъоркьиса 6 декабралда къватӏибе бачӏараб «Хӏакъикъаталда» бахъун букӏана «Гьоцӏалъ: токги гьечӏо, нухалги «гӏайналмалъун руго» абураб макъала.\nДирги гьоцӏдерил росдал бегавуллъун вукӏарав, гьанже Хунзахъ райадминистрациялда гӏуцӏарухъанлъиялъулгун правовияб отделалъул начальниклъун вугев Шамил Валиевасулги пикраби руго гьенир кьун.\nСуал букӏана нижер росулъ хасалил заманалда ток загӏиплъулеб букӏиналдаги кидаялиго рухъа-хъван хвезарурал шагьранухал цӏигьаризе ккеялдаги тӏасан.\nТок дагьлъиялъе Шамилица гьеб макъалаялда рачунел ругел гӏиллабазда бан дирго пикру бицине бокьун буго дие тӏадвуссун.\nМасала, гӏадамаз ток хӏалтӏизабулеб бугила чӏабар хинлъизабизеги, росулъ гӏемерлъун бугила гьелдалъун гурони хӏалтӏулареб къайи-цӏаги. Бухӏараб токалъухъ гӏарац кьоларел чагӏиги чанги ругила.\nРатани, гьезда тӏад хӏалтӏи гьабеха, букӏине кколеб куцалда. Гурони, дун гӏадинал чагӏазда бугеб гӏайиб щиб?\nЖинца гӏадин тӏурччи бухӏеян абуна гьес дида. Амма хаселалъ рукъзал хинлъизаризе тӏурччи босизе ккани, 40 азарго гъурущ хӏажалъула. Моцӏрое мукъсаналго гурони гъурщал щоларел пенсионеразги, школалъул, ясли-ахазул хӏалтӏухъабазги киса гьебгощинаб гӏарац бахъилеб?\nТокалъулги нухазулги гӏадаб суал гьекъолеб лъелги буго росулъ.\nШамил живго бегавуллъун вугеб мехалда росулъ киназего гӏураб лъим букӏунаан. Гьев нахъе аралдаса хвана гьелъул ишги. Шагьранухдасан рачарал рогӏралги рорлъун, щивас жиде-жидехъего цӏана гьеб. Цинги шлакоблокал гьарулеб бакӏалдецин бачана. Рухъа-хъван лъуна нухалги. Кида гьезде ирга щолебалиги Аллагьасда лъала.\nГьединго нухда хутӏун буго росулъ ток цӏикӏкӏинабизе гьабулеб хӏалтӏиги. Амма гьеб рагӏалде бахъин-бахъунгутӏи цӏехолев яги гӏайибиязе тамихӏ гьабулев чи гьечӏо.\nКибго гьедин буго. Гьале, газеталда бахъараб макъалаялдаса хадуб (цо пуланаб лъай-хъвай сабаблъун) телефоналдасан дир кӏалъай ккун букӏана магӏарухъе ток кьолеб станциялъул хӏакимасулгун. Жидеца цӏикӏкӏинабилин гьеб токилан рагӏи кьуралдасаги кӏиабилеб моцӏ буго щибго хисуларого. Гьелъул магӏна щиб? Ниж гӏисинлъималищ гьедин берцинал харбаз реэдун тезе? Букӏине кколеб хӏалуциналда ток кьолеб гьечӏони, гьелъухъ гӏарацги кьезе кколарин рагӏун букӏана. Капек хутӏичӏого босулеб\nбуго гурищха хӏукуматалъ нижехъа гьеб?\nГьоцӏалъе газ бачине бугиланги хъвалеб буго. Ахирги гӏадамал руссинаризе риччарал харбал ратила гьелги.\nМухӏамад Гӏисаев Хунзахъ районалъул бетӏерлъун вугеб мехалда тӏокӏалъ чӏечӏого раккулаан бакӏалъул хӏакимзаби нижехъе. Росулъ данделъа-би гьарун, гьикъулаан гӏолел-гӏоларел рахъал. Гьев аралдаса гьеб гӏадатги лъугӏана."}
{"slug": "6870-l-eda-polop-giadin-gelchelel-techiogo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6870-l-eda-polop-giadin-gelchelel-techiogo", "title": "«Лъеда полоп гӏадин гьелчелел» течӏого…", "date": "2020-01-17 12:09:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "14 январалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда данделъун рукӏана магӏарул районазул газетазул бетӏерал редакторзаби. Гьезул гӏемерисез бицана гьединаб дандчӏвай цебего хӏажат букӏанин ва дандразе ккарал суалалги гӏезегӏан ругин.\nГӏумахан Гӏумаханов, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор:\n— Гӏаммаб иш гьабулел чагӏилъидал нилъ, дие бокьун буго нилъер киназулго бухьен щулалъизе. Бихьулеб буго, ахираб заманалда, гӏемерисел цоцаздаса батӏа кӏанцӏун чӏун рукӏин. Бокьараб мехалда, нужерго рокъоре гӏадин, рачӏине бегьула нуж гьанире.\nНижедасан райгазетазе гьабизе кӏолеб жо батани, гьелъулги бицине бегьула нужеца гьаниб. Масала, ниж хӏадур руго зама-заманалдаса магӏарул щибаб районалда хурхарал гьурмал «Хӏакъикъат» газеталдасан кьезеги.\nГьединго кватӏичӏого магӏарул районазда хасал мухбирзабиги тезе ракӏалда буго. Гьединал чагӏи кир ралагьизе бегьулелали нужергун дандбазеги къваригӏун буго. Бакӏаздаса информация щвезе райгазетазул хӏалтӏухъабазги кумек гьабиялде хьулги буго.\nЗикрула Ильясов, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель:\n— Нилъеца цадахъ тӏоритӏизе бегьула батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, гьелда гьоркьобе уна щибаб районалда «Хӏакъикъаталъул» къо тӏобитӏиги.\nГьединго магӏарухъ гӏемерисезда щвалде щун лъаларо республикаялда кколел лъугьа-бахъиназул цо-цо хаслъабазул, гӏузрабазул хӏакъалъулъ. Дида лъикӏаблъун бихьула малъа-хъвай хӏисабалда нижеца анализ гьабун хъвараб макъала моцӏида яги кварталалда жаниб цо нухалъгӏаги районазул газетазде битӏизе.\nИсана улкаялда байбихьулеб буго халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагӏай гьабизеги. Гьелдеги хӏадур рукӏине ккола нилъ. Магӏарулазул хӏакъикъияб къадар дагь бихьизабизе, нилъ рикьизаризе хӏалбихьиял гьарулел руго цо-цо чагӏаз. Цогидал миллаталги гӏисин гьарун (масала, лезгиязул бакӏалда рутулал, агулал абун), кӏиго мацӏ бугел магӏарулалги цойиде хъван, кидаялиго Гӏабдурахӏман Данияловас Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб рикьи ккезабунин абураб пикру билълъанхъизабулел руго цо-цо чагӏи. Хӏакъикъаталда абуни, 1925 соналдаго гьеб хъвай-хъвагӏай гьабун букӏана Нажмудин Самурскияс. Халкъалъул къадар мекъи бихьизабизелъун магӏарул районаздагицин гьес гьарурал хӏалихьатал жалазул хъвараб макъала буго тарихчи Шагӏбан Хӏапизовасул.\nПайзула Пайзулаев, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель:\n— Хӏакъикъаталдаги аваралин абураб цӏаралъ нилъер миллаталда гъорлъ ругел жидер мацӏазул хасаб лугъат бугел магӏарулал дагьалъ нахъе туркӏулел руго. 16 декабралда гьаб редакциялда букӏараб магӏарул интеллигенциялъул данделъиялде ахӏун рукӏана мацӏ батӏиял магӏарулал. Гьелдаса гӏезегӏан ра-зигоги хутӏана гьел. Нижеца гьезул мацӏазда гьурмал кьезеги байбихьун буго.\nАмма гьезул жидерго газетал гӏурус мацӏалда рахъулел рихьана дида. Гьелъул магӏна щиб?\nЖибго райгазетазулгун «Хӏакъи-къаталъул» гьоркьоблъиялъул бицани, кӏудияв вацасухъе гӏадин, бокьараб мехалда бокьараб ишалъ рачӏине бегьула гьанире.\nЦебе редакциялде щибаб районалдаса газета бачӏунаан, амма гьанже гьеб къагӏида гьечӏо (гьоркьо-гьоркьоб «Гумбет» газета бихьула).\nБокьилаан нуже-нужер мухъазда ругел росабазул тарихалъул, тӏабигӏаталъул хаслъабазул, машгьурал гӏадамазул, фольклоралъул хӏакъалъулъ хъварал макъалабиги нижехъе ритӏани.\nМухтар Чупалаев, «Чапар» газеталъул (Казбек район) бетӏерав редактор:\n— Райгазетазул редакторзаби «Хӏакъикъаталъул» редакциялде данде гьарулел ругин ахӏи тӏаде щведал, дида гӏадлъизецин гӏадлъана – мекъицин кканадай абун.\nЦо кечӏ гьечӏищ ахӏулеб «Духъе хъвараб кагъат лъадухъеги щун, лъеда полоп гӏадин гьелчелев вуго» абун. Гьеле гьедин хутӏун руго нилъ киналго ахираб заманалда.\nБакӏалъул газетал рехун тун руго. Гьезул хӏалтӏухъабазе моцӏрое щолеб мухьги кутакалда мукъсанаб буго. 10 азарго гъурущ щиб жо гьаб заманалда. 1996 соналдаго рукӏарал тарифазда рекъон кьолеб буго нижее гӏарац.\nГьанже бицинин цоги унтул. Поч-тайин абун буго цо идара. Нижер газеталъул багьаялъул 60 процент гьелъ уна. Нилъ хӏалтӏулеб къоялъ поч хӏалтӏуларо. Масала, итниялъ бачӏуна «Чапар» газета. Росулъе гьеб щола арбагӏ къоялъ. Амма гьелде регӏун йикӏунаро гьеб бикьулей гӏаданги (ункъазарго гъурущ гурони харжги щоларо гьелъие). Гьединлъидал гьелъ газета тӏасияб итниялде щвезегӏан тола бикьизе. Гьеб мехалда цӏалараб гьелъул пайда щиб?\nЦо нухалда машинаялда ре-кӏинарурал нухлулазда гьикъана дица «Чапар» газета хъвалебищин нужеца. Цоялъ абуна лъикӏал макъа-лабиги рукӏунила гьелда, амма исана хъвачӏилаха жинца. Щайгурелъул поч бикьулей гӏаданалъ гьелда абун рагӏула хъвагейин, чӏере, Асият, исана газета — дур мина росу тӏарада бугин, гьединлъидал дое щвезегӏан ячӏине жиндихъа бажаруларилан. Гьанже хӏисаб гьабеха – заманалда поч щай бикьуларебин гьезда кӏалъалев чиги гьечӏони, нуж щиб гьабулел ругелин нижеда цӏехолев чиги гьечӏони, хӏалтӏи лъугьунебищ?\nПатӏимат Гьитӏинова, «Цолъи» газеталъул (Шамил район) йикӏарай бетӏерай редактор (гьанже «Хӏакъикъаталъул» рухӏиябгун маданияб отделалъул редактор):\n— Районалда хӏалтӏулеб мехалда дир йикӏана лъикӏ гьидерил мацӏ лъалей, шагьаралда гӏурай заместитель. Цо къоялъ гьелъ бицана рахьдал мацӏалъул дарсал захӏмалъулел рукӏун, жинца жиндирго лъимал гӏурус мацӏалъул дарсиде ине риччанилан. Гьеб параялъго дица гьелда абуна хӏалтӏудаса нахъе ине гьабсагӏатго гӏарза хъвайилан. Школалъул директорас бичӏчӏизабун гьечӏо гьелда рахьдал мацӏалъул кӏвар. Амма диргун кӏалъаялдаса хадуй гьей намуслъана, тӏаса лъугьаянги абуна. Гьедин биччан тун буго цо-цо нухмалъулез рахьдал мацӏалъул иш.\nНилъерго хӏалтӏул бицунеб бугони, дица абила районалъул газета-лъул хӏалтӏухъабазул харжазулги, подпискаялъулги, почалъулги суалал районалъул нухмалъиялда рарал ругилан. Дица гьезда абуна дун йигин нужее гьабун цӏурачед цебе лъолей чӏужу. Нужеда гьеб кваназабун дихъа бажаруларин. Гьаб «рестораналъул» бетӏергьабиги нуж ругин, гьелъул хайирги нужее бугилан. Жакъа районалъул бетӏерасе хӏажат батичӏони администрациялъул политика щибаб росулъе щвезе, мугӏалимасеги цогидасеги къваригӏун букӏунаро гъоб. Амма нижер районалда газеталъул подписчиказул 99 процентни мугӏалимзабазул буго.\nХадусеб масъала буго хӏалтӏизе чагӏи ралагьиялъул. Дун райгазеталде ячӏаралдаса араб 12 соналда жанив чанги чи ана гьениса нахъе – щолеб харжалда рекъечӏогоги, хӏалтӏул къагӏида дандеккечӏогоги, цогидалда банги. Ханасул васасе яс хъирщулей гӏадин, унаан дун районалъул росабалъе газеталда хӏалтӏизе чагӏи ралагьизе. Жакъа дица дирго бергьенлъилъун рикӏкӏуна доя редакторлъун тарай гӏадан хӏадуризе бажари. Дица гӏемераб хӏал кьуна гьелъие гӏоло. Ракӏ-ракӏалъ гьелъухъе кодобе гьеб хъулухъги кьун ячӏана дун гьаниеги.\nРалагье гьединал чагӏи. Хасго учительзабазда гъорлъ дандчӏвазе бегьула гьел. Щайгурелъул гьел рукӏуна хӏалтӏи гӏуцӏизе бажарулел чагӏи.\nМухӏамад Султӏанов-Барсов, «Дидойские вести» газеталъул мухбир, Цӏунтӏа район:\n— Нилъер, магӏарулазул, 800 азарго чияс речӏчӏараб жо гӏужда щвезе ккани, идеология букӏине ккола. Цо кваралъ рухьарал чагӏи рукӏине ккола нилъ киналго. Рухӏияб квар ккола гьеб. (Хадуб гьес загьир гьабуна магӏарулазул гьединаб идеология гьечӏин абураб пикру, амма данде-лъарал гьелда разилъичӏо – автор).\nГьединго, дир хӏисабалда, гӏурус мацӏ лъикӏ лъанагӏан, лъала магӏарул мацӏги (рагӏаби рижулеб, хисулеб къагӏида, батӏи-батӏиял сверелал). Дида бихьулеб буго магӏарулазда гӏурус мацӏ, цогидал миллатазда дандеккун, мукъсанго лъалеб букӏин. Гьединлъидал цогидаздаса лъикӏ гьеб лъазабизе къеркьезе ккола магӏарулал (амма гьеб пикруялдаги разилъичӏо данделъарал – автор).\nМухӏамад Патахӏов, «Гьудуллъи» журналалъул бетӏерав редактор:\n— Цере гӏемер тӏоритӏулаан хъвадарухъабазулгун дандчӏваял. Гьанже абуни гьел къанагӏалъун руго. Гьеб гӏадат цӏигьабизе къваригӏун буго. Хӏакъикъаталда абуни хъвадарухъанас гьабула мацӏ.\nГьединго гьанже гӏемер бицуна рахьдал мацӏ лъугӏун-тӏагӏун унеб бугилан. Хӏатта, модаялде ва жидеего рекламаялде сверизабулебцин буго гьелъул бицин. Гормендабиги чӏван, чухъабиги ретӏун кьурдунилан мацӏ цӏунуларо. Гьелъие гӏоло тӏаделъизе ккола хӏакимзабазде. Гьезда тушман киннигин рихун буго рахьдал мацӏ. Нужерго эбел-эмен хведал, дугӏа щиб мацӏалдайин нужеца гьабизе бугебилан абун гьикъизе ккела гьезда, тӏокӏаб жо гьечӏониги.\nМагӏарул тарихалда, маданияталда тӏасан суалалги кьун магӏарул мацӏалда тестал кьезе тӏамизе лъикӏан гьел хӏакимзаби.\nГьединго жакъа магӏарул районазул нухмалъулез жидерго данделъаби гӏурус мацӏалда щиб гӏиллаялъе гӏоло рачунел жал?\nМагӏарул районазда росабазул, идарабазул, цогидалъул цӏаралги щай магӏарулалъ хъвазе бегьуларел?\nСаният Къебедмухӏамадова, «Ахихъан» газеталъул (Унсоколо район) бетӏерай редактор:\n— Нижер районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас кутакалда кӏвар кьола магӏарул мацӏалъул рацӏцӏалъи цӏуниялде. Данделъаби гӏурус мацӏалде сверулел ругони, гьоркьор къотӏизарула гьес, нилъ магӏарулал гурелищанги абун.\nГьел СМИязул рахъалъги цебетӏей буго нижер доба. Сайталги руго хӏалтӏулел. Амма гьабгощинаб мехалда хӏалтӏулей йикӏаниги, жеги гӏайиб ккарай гӏадан йикӏинчӏо дун. Гьанже цо-цо гӏиси-бикъиналин ккарал жалазе гӏоло Роскомнадзоралъ къакъазе байбихьун руго. Гьединаб мехалда малъа-хъваял гьарулаан Информациялъул министерствоялъ. Гьанже гьединал жалазе жаваб жалго редакцияз кьезе кколеб бугоха.\nРасул Ражабов, «Лъаратӏа» газеталъул (Лъаратӏа район) бетӏерав редактор:\n— Нижееги захӏматаб суаллъун лъугьун буго газеталда хӏалтӏизе чи валагьи. Гьале кӏиго моцӏ буго дир мухбирлъун хӏалтӏизе чи валагьулелдаса. Амма цоял руго мацӏ лъалел, пикру гьечӏел яги пикру бугел, амма мацӏ лъаларел. Тӏадежоялъе, харжги буго мукъсанаб. 10-12 азарго гъурщихъ райцентралде газеталде хӏалтӏизе вачӏине разилъулев чиги гьечӏо.\nРайгазетазул цебетӏей 90 проценталъ районалъул бетӏерасдагун редакторасда бараб жо буго. Нижер подписка буго 800 экземпляр. Бищун гӏемер гьел хъвала школазги рикӏкӏада ругел росабазул жамагӏатазги.\nМухӏамад Къебедов, «Гъуниб» газеталъул бетӏерав редактор:\n— Райгазетазда рахъулел (гьенире ритӏун рачӏунел) макъалабазул даражаялдеги кӏвар кьезе ккола. Дун гьеб хъулухъалде ккараб заман букӏана. Газеталде рачӏунел макъалаби я тематикаялъул, яги хъвавул къагӏида данде ккунгутӏиялъ, гьел нахъчӏвазе байбихьана дица. Гьезда гьоркьоб букӏана прокурорасул (цевесев) макъалаги. Жинца хъварал жал щай рахъуларелин ахӏун бачӏана гьес. Гьеб мехалда дица гьесда гьикъа-на дуца гьел отчеталъе рукӏине ритӏулел жалищин гьанире яги гьездаса гӏадамазе пайда букӏинилан ритӏулелищилан. Щайгурелъул я гӏадатиял гӏадамазда бичӏчӏулеб, ялъуни гьезие хӏажатаб жо гьениб букӏунароан.\nГьединлъидал редакторас жиндирго рагӏи билълъинабизе ккола. Гьеб мехалда бачӏуна иш рукӏалиде.\nГӏубайдула Малачдибиров, «Цӏумадисезул гьаракь» газета-лъул бетӏерав редактор:\n— Гьаниб абулеб букӏана щибаб лъагӏелалъ 200 подписчик дагьлъулин газеталъулилан. Гьеб битӏараб буго. 2200 чияс хъвала нижер газета. Гьелъие аслияб квербакъи гьабула къисматалъ жал гӏодоблъиялде гочарал цӏумадисезул росабалъа гӏадамаз. Дун щвана Хасаюрт районалда инхокъварисел чӏараб росулъе. Жидерго хасаб мацӏалъул чагӏи руго гьел. Санайилго нусгоялдаса цӏикӏкӏун газетаги хъвала гьез. Амма районалда бищунго кӏудияб росу буго Тӏинди. Гьениб гьеб хӏалица бахуна нусиде.\nГьадал гӏодоблъиялда ругел инхокъварисез абула нилъеда гьоркьоб бугеб магӏарул мацӏ жидехъе щвезабулеб алатлъун нужер газета бугила, гьединлъидал гьеб хъвачӏого киндила телеб?\nГьединаб мехалда дун хӏикма-лъула магӏарухъ ругел рахьдал мацӏалъул учительзабаз журналал гӏурус мацӏалда цӏезарулел рукӏиналдаги, районалъул хӏа-кимзабазе бичӏчӏизе захӏмалъулеб букӏуниланги абун данделъаби гӏурусалъ рачиналдаги.\nЯкъуб Гӏабдулаев, «Росдал захӏматчи» газеталъул (Хунзахъ район) жавабияв секретарь:\n— Магӏарулаз магӏарул мацӏ бицине, гьеб мацӏалда хъвадаризе ккеялъулги бицунеб бугелъул, дир цо суал буго «Дидойские вести» газеталъул вакиласе: «Цониги гьумер магӏарулалъ биччазе хӏал щай бихьулареб нужеца?»\n— Бихьила, — ян жаваб кьуна Мухӏамад Султӏанов-Барсовас.\nДир цо гьадинаб гьари буго нужеде. Райгазеталги гъорлъ гӏахьал гьарун, бищун лъикӏ хъвадарулев чи тӏаса вищиялъул конкурс щай «Хӏакъикъат» газеталъ лъазабулареб?\nГӏайшат Малачиева, «Лачен» журналалъул бетӏерай редактор:\n— Нужеда кколеб батила гьитӏинабго «Лачен» журнал гьабизе щибин къваригӏунеб? Валлагь, захӏмат буго лъималазе асарал хъвалел чагӏи гьечӏолъиялъ. Гьединлъидал нужеда гьединал гӏадамал лъалел ратани яги лъималазе рокьулел асаразде тӏаде ккани, нижеда лъазе гьабе. Журналалъул багьаги 150 гъурущ буго. Почалъ кватӏун щвезабулеб батани, гьелда хадур редакциялдеги рачӏине бегьула.\nМухӏамадрасул Гӏумаров,\n«Авар басмабазул» цолъиялъул нухмалъулев:\n— Нужее кӏиго малъа-хъвай гьабилаан дица. Социалиял гьиназдаса гӏебеде газета машгьур гьабизелъун нужерго газетал къватӏире рачӏиндал ПДФ формат щай интернеталде рехулареб? Цо-цояз гьабулебги буго гьеб.\nКӏиабизе. Райгазетазде хӏалтӏизе чагӏи щунгутӏиялъул бицунеб бугелъул, хъвадаризе дагьабниги пагьму бугел гӏолилал тӏатинеги гьарун, ДГУялъул журналистикияб отделениялде цӏализе росизе квербакъеян гьаризе бегьуларищ гьелъул ректорасда? Яги дун хӏадур вуго гьединаб хитӏаб нижерго цолъиялъул цӏаралдасан хъвазе.\nГьединго чанго сон буго нижеца www.avarpressa.ru абун сайт гӏуцӏаралдасаги. Щибаб районалъул газеталъегун «Хӏакъикъаталъе» ва журналазе тараб бакӏги буго гъоба. Амма цӏакъ бокьуларого гӏадин журалел руго гьелда гъорлъе. Гьенир щивас лъезе бегьула жидерго ма-къалабиги, видеоги, сураталги.\n(Хадуб М. Гӏумаровас «Авар басмабазул» цолъиялъул рахъал-\nдаса хӏурматиял кагътал кьуна Гӏумахан Гӏумахановасе, Патӏимат Гьитӏиновалъе, Зульфия Хӏажиевалъе ва Баху Мухӏидиновалъе).\nБаху Мухӏидинова, «Магӏа-рулай» журналалъул бетӏерай редактор:\n— Жакъа нилъеца гьаниб бицунеб хабар рагӏизе къваригӏун буго министраздаги, депутатаздаги, районазул нухмалъулездаги. Гъозде нилъ гӏунтӏулел гьечӏоха. Кин гьезде нух балагьилеб, кин гьезда гьеб хабар рагӏизабилебали ургъизе къваригӏун буго.\nМасала, школалъул директор вукӏуна районалъул бетӏерасул кӏалдиве валагьарав чи. Гьел кӏияздаго бараб жо гӏемер букӏуна. Масала, классазул журналал щиб мацӏалда цӏезарилелали (бокьани, чачан, китай мацӏаздагицин цӏезабизе кӏола гъозда гъоб). Гьезде тӏадецуй гьабизе кӏолеб къуватги умумузул комитеталъухъ буго. Гьелда гъорлъ ругел чагӏаздайин абуни лъалел гьечӏо жидехъго ругел ихтиярал, къалел гьечӏо гьеб ишалда гъорлъеги. Гьединлъидал бокьа-бокьараб гьабулел директорзабиги руго. Гьезие абуни бокьун буго тӏадчагӏазда жалго берцин рихьизаризе. Рахьдал мацӏалъулги лъималазул лъаялъуги гьедигӏан кӏудияб ургъел гьечӏо гьезие.\nГьаб рахьдал мацӏ щай къваригӏунеб жоян абураб пикру эбел-инсул ботӏролъ бижизабизеги къваригӏун буго. Цохӏо кванилги, ратӏлилги, рихьдае жал гьариялъеги гурони пикру хӏалтӏулеб гьечӏо гӏемерисезул.\nГьезул гӏайибалдалъун рахьдал мацӏ лъачӏого хутӏарал гӏолохъаби руго гьанже жалго лъикӏал лъугьун мацӏ лъазабулелги."}
{"slug": "6871-giumruyal-ul-nukhda-l-alki-tarav-tokhtur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6871-giumruyal-ul-nukhda-l-alki-tarav-tokhtur", "title": "Гӏумруялъул нухда лъалкӏ тарав тохтур", "date": "2020-01-17 12:41:12", "categories": ["insan"], "text": "Кӏудияб Ватӏанияб рагъул кор боркьараб 1942 соналда, гӏарзаги кьун, фронталде ана Болъихъ районалъул Хелекьуриса Султӏан Гӏабдусаламов. Рокъор хутӏана гьесул лъади ва лъабго гьитӏинав вас. Гьеб заманалда гьезул бищунго гьитӏинав Абулкъасимил букӏана лъагӏелги анлъго моцӏги.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ лъу-гӏидал, рокъове эмен вуссараб заманалда, Абулкъасим вукӏана анлъго сон барав вас. Фронталда щварал инсул рагъулал шапакъатаздаса вохун вукӏунаан гьев. Амма рохелалда цадахъ рокъосезе рахӏат хвезабулеб букӏана Султӏание фронталда щварал ругъназ гӏакъуба кьолеб букӏиналъ. Инсуеги, жеги судулел ругъналгун рагъдаса тӏадруссарал цогидал росуцоязеги ва унтаразеги хӏакъикъаталдаги гьечӏеб медицинаялъулаб кумекалъ бижун батила Абулкъасим Султӏановасулъ тохтурлъун вахъине анищ. Гьесул гӏумруялъул 14 сон тӏубайдал, ахираталъул рокъове ана эмен. Лъикӏал къиматазда лъугӏизабуна Хелекьури росдал анкьгосонилаб школа, хадусеб цӏали гьабизе ана Болъихъе, гьенив вукӏана интернаталда.\nБолъихъ росдал школа лъугӏарав гӏолилас хӏукму гьабуна Буйнакскиялъул медицинаялъулаб училищеялде цӏализе лъугьине, гьенив педагогикияб училищеялда цӏалулев вукӏана Абулкъасимил кӏудияв вац Гъазлудинги.\nБуйнакскиялъул медучилищеялда цӏалулеб заманалда Абулкъасимица жигараб гӏахьаллъи гьабулаан жамгӏиябгун спортивияб гӏумруялъулъ. Гьев вищун вукӏана училищеялъул комсомолалъул комитеталъул секретарьлъун, волейболалъул командаялъул капитанлъунги.\nМедучилище лъугӏизе хутӏун букӏана ункъо моцӏ. Абулкъасим ахӏула Буйнакск шагьаралъул ра-гъулаб комиссариаталде ва Советияб Армиялда рагъулаб хъулухъ гьабизе ине кколилан лъазабула. Гьедин, 1961 соналда гьев витӏула СССРалъул МВДялъул жанисел аскаразда рагъулаб хъулухъ гьабизе Свердловск шагьаралде. Магӏаруласул къамартӏлъиги рагъулаб хӏадурлъиги бихьидал, часталъул командованиялъул цебелъеялда рекъон, Уралалъул рагъулаб округалъул рагъулабгун тохтурзабазул комиссиялъ (ВВК) Абулкъасим Султӏанов цӏализе витӏана санитариял инструкторазул, Вильнюсалда букӏараб школалде. Гьениб медицинаялъулаб комиссия гьабулаго, терапевтлъун хӏалтӏулев подполковник Дадоновас дагъистаниясда цӏехола мун киса, кив цӏаларавин, кин гьеб школалде ккаравин. Абулкъасимица жавабал кьедал, гьес гӏолохъанчиясда малъула, Буйнакскиялъул медучилищеялда рагӏалде бахъинчӏеб цӏали, Вильнюсалъул медучилищеялда лъугӏизабизе рес кьеян, санинструкторазул школалъул директорасухъе гӏарза хъваян. А. Султӏановас подполковникас ма-\nлъухъе гьабула, амма гьесул гӏарзаялъе школалъул директорас инкар гьабула ва гьес Литва ССРа-лъул МВДялъул министрасухъе цӏидасан гӏарза хъвала.\n— Цо къоялъ рагъулаб часталде бачӏана Литваялъул жанисел ишазул министрас дида хадуб битӏараб машина, — ян ракӏалде щвезабуна Абулкъасимица. — Дун гьесухъе вачана, гьесги воха-хинлъун къабул гьавуна. Щиб, дир вас, мун къварид гьавулевищ вугевилан цӏехана. Гьесул буюрухъалда рекъон, дие кьуна Вильнюсалъул медучилищеялде дарсазде хьвадизе пропуск.\nГьедин, Буйнакскиялъул мед-училищеялда гьоркьоса къотӏун букӏараб цӏали Абулкъасимица лъугӏизабуна Вильнюсалъул медучилищеялда ва гьениб гьесие щвана кӏиго мацӏалда хъвараб дипломги. Санинструкторазул школаги мед-училищеги лъугӏизабун, Свердловскиялде тӏадвуссарав Абулкъасим тӏамуна рагъулаб часталъул санитарияб бутӏаялъул фельдшерлъун. Гьев часталъул коммунистаз КПССалъул кьеразулъе восула ва гьесул тӏадегӏанаб медицинаялъулаб лъай босизе пикру ккола. Рагъулаб хъулухъалъул заман лъугӏизе лъабго моцӏ хутӏидал, гьес часталъул командованиялде гӏарза хъвала жив мединституталде цӏализе лъугьине экзаменазде хӏадурлъизе виччаян. Гьесул гьари къабул гьабула ва Свердловскиялъул медицинаялъулаб институталде экзаменалги кьечӏого восулев вукӏарав гьев Дагъистаналде тӏадвуссуна. Доб заманалда ДГМИялъул вукӏарав ректор Мухӏамад Макъсудовас жиндихъего вачӏарав гӏолохъанав сержантасда лъазабула, мун киназего гӏаммал шартӏазда цӏализе восизе вугин. Абулкъасим Султӏановас бергьенлъиялда кьола ДГМИялде цӏализе лъугьиналъул экзаменал ва 1964 соналъул тӏоцебесеб сентябралда байбихьула сах гьариялъулаб факультеталда цӏализе. Дагъмединституталда цӏалулеб анлъго соналда жаниб А. Султӏановас тӏадчӏун лъазаруна медицинаялъулал гӏелмаби, цӏикӏкӏун бокьулаан нейрохирургия, гӏахьаллъи гьабулаан машгьурав нейрохирург, жиндирго районцояв Рашидбег Гӏумахановас нухмалъи гьабулеб букӏараб студентазул гӏелмияб кружокалъул хӏалтӏулъ. Цӏалиялда цадахъго, рокъосан рес гьечӏолъиги хӏисабалде босун, Абулкъасим хӏалтӏана ДГМИялъул кафедраялъул лаборантлъун, республикаялъулаб централияб больницаялъул нейрохирургиялъулаб отделениялда фельдшерлъун.\n1970 соналда мединститут багӏараб дипломалда лъугӏизабурав Абулкъасим гьенивго ординатураялда цӏализе ва хӏалтӏизе тезе кколаан. Гьеб нухалдаги ректор Макъсудовас гьеб хӏужа хӏисабалде босичӏо ва Султӏанов хӏалтӏизе витӏана Марий-Эл республикаялде. Иошкар-Ола шагьаралъулаб больницаялда байбихьана гӏолохъанав хирургасул захӏматалъулаб хӏаракатчилъи ва гьеб гьоркьоса къотӏичӏо 50-гӏанасеб соналъ.\nГӏадамал хирияв, хабар гьуинав, гьабулеб ишалде гъира бугев Абулкъасим гьеб больницаялъул коллективалъ къабул гьавуна, камиллъана махщелги. Амма тӏадеги лъай босизе бугеб гъираялъ гьесие рахӏат толеб букӏинчӏо. Гьесул анищ тӏубазе кӏудияб кумек гьабуна доб заманалда ДАССРалъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Наби Къураевас.\n— Гьес Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъе кьун букӏараб цо бакӏ (квота) дие кьуна, ва дун цӏализе лъугьана Казаналъул мединституталъул клиникияб ординатураялде, — ян ракӏалде щвезабуна Абулкъасимица.\nМахӏачхъалаялъул порталъулаб больницаялда хӏалтӏулев вукӏарав Дагъмединституталъул хирургия-лъулаб кафедраялъул нухмалъулев, профессор Герай Гераевасул гьариялда рекъон, 1976 соналда ординатура лъугӏизабун хадуб, Абулкъасим тӏадвуссана Дагъистаналде ва хӏалтӏизе лъугьана гьеб больницаялъул хирургиялъулаб отделения-лъул заведующийлъун.\nХирургиялъулаб махщел камиллъизабиялда цадахъго А. Сул-тӏанов хӏалтӏана медицинаялъулаб гӏелмуялда тӏадги. 1981 соналда Казаналъул мединституталда «Перитонит сах гьаби» абураб темаялда гьес цӏунана медицинаялъулал гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.\nДагьал гьечӏо Султӏановасул цӏар хӏурматалда рехсолел гӏадамал. Масала, Татарстаналъул Шаймурзино станциялдаса Роза Абдракиневалъ щибаб байрамалда баркалаялъул кагъат бачӏунаан тӏадбуссинабураб сахлъиялъухъ. Гьединго баркалаялдалъун А. Султӏанов ракӏалде щвезавула Тарумовкаялдаса Сергеевазул, Махӏачхъалаялдаса Ямовазул, Хановазул, Южно-Сухокумскиялдаса Ахӏмадовазул, Гъизилюрталдаса Хӏамзатовазул ва анцӏ-анцӏ цогидалги хъизамаз.\nХӏамид Аскерхановас абуна Абулкъасим Султӏанов вугин Дагъистаналъул бищунго лъикӏал, махщел бугел хирургазул цоявилан.\n— Тӏолабго гӏумруялъ, ай 50 соналъ, гьес сах гьаруна ва хваликьа рорчӏизаруна аза-азар чи. Гьев вуго гьунар бугев гӏуцӏарухъан, гӏалимчи, ритӏухъав гьалмагъ, жинца гьабулеб ишалдехун тӏадегӏанаб жавабчилъи бугев магӏарулав. Дирго эбелалъе захӏматаб операция гьабизе дица гьесде божилъи гьабун букӏана, — ян.\nГьесие кьуна «ДРялъул муста-хӏикъав тохтур», «РФялъул мус-тахӏикъав тохтур» абурал цӏаралги. Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъулаб академиялда цере гьарурал хъулухъазе гӏоло гьеб идараялъул медалалъе мустахӏикълъана, гьединго кьуна «Захӏматалъул ветеран» медальги. Гьев восун вуго Дагъистаналъул Кӏудияб Энциклопедиялдеги (БЭД).\nЖиндирго гӏумруялъул гьудул Илажугьарида цадахъ гьез гӏезабуна лъабго лъимер: кӏиго вас ва цо яс. Гьесдаса мисалги босун, гьесул васасги ясалъги инсул махщел тӏаса бищана. Яс Мадинаца лъугӏизабуна Дагъистаналъул медакадемиялъул стоматологиялъулаб факультет. Хадубго лъугӏизабуна гьебго факультеталда клиникияб ординатураги, Москваялъул медицинаялъулгун стоматологиялъулаб университеталда аспирантураги. Гьениб гьелъ цӏунана медицинаялъулал гӏел-мабазул кандидатасул цӏаралъе диссертация. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Дагъмедуниверситеталъул терапиялъулаб стоматологиялъул кафедраялда ассистентлъун.\nИнсул нухдасан унев вуго вас Шамилги. 1995 соналда, Дагъмедакадемияги лъугӏизабун, гьевги вахъана хирурглъун.\n1999 соналда хирургиялъулаб ординатураги лъугӏизабун лъугьана аспирантураялде ва 2002 соналда бергьенлъиялда цӏунана медицинаялъулал гӏелмабазул кандидатасул цӏаралъе диссертация.\nШамил Султӏанов хӏалтӏулев вуго Дагъмедуниверситеталъул госпиталияб хирургиялъул кӏиабилеб кафедраялда. Абулкъасимил цогидав вас Дамирица лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университет, хӏалтӏулев вуго инженерлъун."}
{"slug": "6890-avar-matsiishch-yagi-tsiumadisesul-garemishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6890-avar-matsiishch-yagi-tsiumadisesul-garemishch", "title": "Авар мацӏищ яги цӏумадисесул Гаремищ?!", "date": "2020-01-21 06:53:31", "categories": ["bakikos"], "text": "Пьесаялда релълъараб жо\nКӏиабилевб пардав\nКъалъул гӏуж. Цо берцинаб къайи-свери.\nДинияб къагӏидаялъ ретӏа-къарал мусудуз сверун ккун вуго гӏезегӏан куц-мухъ бугев, хъахӏаб расалъ цебего расен лъуниги, гӏолохъанлъиялъул жан жеги чорхолъа инчӏев Дон-Жуан, Дагъистаналъулги Чачаназулги къоролруччабазул гӏащикъ, Нагорный Дагъистаналда цохӏого цо бугеб Гаремалъул хважаин Сасикьа шагӏир Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиев.\nТӏалхӏатовасул къокъаялъ ахир заманалъул Камалил Баширинги абула гьесда.\n…Дагьа-макъавго гӏинкъав вукӏин гуреб, батӏияб мунагь гьечӏев рокьул къайисасда рикӏкӏадасанго бихьана боржун бачӏунеб хъахӏаб чуги чол рекӏаравги.\nАскӏове щолелъул, чодасаги рещтӏун,\nСасикьа Башириде аскӏове вачӏуна чапар.\nЧапар. Ассаламу гӏалайкум! Мун гуревищ Гаремалъул кӏудияв?\nСасикьа Башир. Ва гӏалайкум салам! Гудраца габур кквегийин дур, бице мурад.\nЧапар. Авар миллаталъул Автономиялъ, жакъа букӏараб мажлисалъул хӏукмуги босун, духъе витӏарав чи вуго дун, Бисавгӏалиев Мухӏамадица гьаб лично кодобе кьейилан гьарана. Руччаби гӏемераб бакӏги бугила, лъаб-лъаб, ункъ-ункъ чӏужу гьечӏев чиги гьечӏила дур къавулъ, вореха-йила руччабазухъе кьезе гурилан кьварун лъазеги гьабуна.\nСасикьа Башир. Бода сурагийин дур гьев Бисав, бегье дихъе мажлисалда бахъараб хӏукму.\n(Чапарас цо жо бегьула Гӏинкъасухъе).\nСасикьа Башир. (Кӏвар кьун Бисасул рисалатги цӏалун, гъулгъудизе жувала).\nЦо ургъел гьабизе батун бугеб жо бихьуларищ бездельниказда. Магӏарул мацӏ цӏунизе ккун бугила магӏарулаздаса. Регӏун руго лъебелавги Баху-\nБикаги.\nГаремалда ругелщинал руччабазда, хӏатта чеченкабаздацин, рухӏалдаса квер бахъун авар мацӏ малъулев дун, дие нотациял цӏалулел гьал деятелал.\nБаху-Бикал рагъари бихьуларищ цо. Жиндирго Тӏалхӏатовасдасан байбихьеян абе лугъат малъи-зе, кӏудияй лингвист. (Чапарасдехун вуссун). Дир Гаремалда кинабго роцӏцӏун буго: бацӏцӏадаб магӏарул мацӏги буго, моцӏ гӏадинал мусудулги руго, эркенал руччабазул сияхӏги буго, рос-рукъалде лъугьунезе магьари лъезе полставкаялда хъулухъалде тӏамун Тӏалхӏатовги вуго.\nЧапар. Дида Бисас лъазабун букӏана дур Гаремалда данделъи тӏобитӏичӏого тӏадвуссунгейилан.\nСасикьа Башир. Батани, гьанивго вукӏаха, гьудулав чи. Цо саламатай къоролалъулгун лъай-хъвайги гьабила, нагагь нужер макъан рекъон ккани, ахӏун Тӏалхӏатовгун, оперативно магьариги лъела.\nГьезул авар мацӏалдаса моцӏ гӏадинай гӏаданго лъикӏ гьечӏищ дуе?!\nЧапар (лъаледухъ воха-хинлъун, лъикӏлъун, тамахлъун).\nДу — дун батӏаго кӏудияв любительги гуревха гьел мацӏазул. Просто дозул тӏадкъай тӏубалев чи вуго… Тӏалхӏатов вачӏинегӏанго чӏела дун, дагьав сваканги вуго. Гьабго ругьелгун Тарумовкаялдеги ине ккола гьанисанго…\nСасикьа Башир. Дур семейни палажени щиб бугеб?\nЧапар. (Вукӏкӏ-вукӏкӏун лъугьун).\nСемейни вуго.\nСасикьа Башир. Цо чӏужуйищ? Это ерунда\nЧапар. Гӏолохъанаб мехалъ зулму-хӏалалъ эбел-инсуца ячинаюрай росулъги йиго… Цо Анжиялдаги йигоха, балъго ячарай.\nСасикьа Башир. Саназул гьоко кибе щун бугеб?\nЧапар. Гургинаб лъабкъогоги, тӏаде лъабго лъагӏелгиха.\nСасикьа Башир. Лъабкъоялдаса тӏаде саналги ругони, саламатай кӏиго супругаги йигони, тӏокӏабги гьобо базе участокищха дуе бокьун букӏараб?! Бухъизабе дурго Тарумовкаялде, керентурад! Таманал игитал ругин нижергоги цо чӏужуцин гьечӏел.\nБисасул къокъаялда урхъараб саламги бице, багу-чӏамалазул мухъалда мацӏалъул ишги ми-хъилъа букӏине бугин абе.\nЧапар (бабадилаго). А ригьин? Ту, черт… данделъи гьабизе гьечӏищ?\nСасикьа Башир. Ай момент… Соня, Салихӏат! Атбой. Совещания не будет, передай всем.\nЧапар. Гьеб щай?\nСоня. Почему Хозяин?\nСасикьа Башир. Нет у нас заман заниматься мелкими вопросами. Я не доктор филологических наук, я Хозяин единственного Гарема Нагорного Дагестана. Язык никуда не денется, а вот Женщины-это тонкий вопрос. Жизненно важный.\nМне чай с малиновым вареньем принеси. Нет, лучше из розовых лепестков.\n(Чапар нахъе уна).\nСасикьа Башир (ццим бахъун, живго жиндаго гаргадизе лъугьуна).\nГьал киналго — мацӏалъул ургъалида. Дир ракӏ абуни лъукъун буго миллионгӏанасеб миллаталда цо гурони Гарем гьечӏолъиялъ, аза-азар къоролруччаби ялгъузго хутӏиялъ.\nДун, лъудбукьаги хӏинкъун, цохӏо чӏужугун чӏарал бихьиназдаги, сверухъ ругел диналъул яцазул ургъел-агъазги гьечӏого, рахӏаталда россазул къвалакь хухал гӏадин ругел лъудбуздаги ццим бахъун вихъулев вуго.\nМацӏ жугьутӏазул бицаниги бегьула, мацӏ бицине жидеда хьолбохъ цониги бихьинчиго гьечӏез щиб гьабилеб?\nДица ракьандаса рачӏ ккун букӏана мацӏазулги, цӏаразулги, ассоциациязулги.\nАт души къвал базе чӏужугӏаданалъе бихьинчиги бихьинчиясе чӏужугӏаданги ругони, мацӏ тӏубанго кӏочаниги ричӏчӏула гьел цоцада ва щибниги лъицаниги цӏунизеги кколаро… (Гаремалъул руччабаздехун).\nСацета, еще чай мне с вареньем. Хӏалимат, Гӏайшат, гӏедегӏил гьабе…И не забудьте, мои дорогие, къаси цӏияб наплыв букӏине буго нилъер заведениялда.\nГьечӏо магӏарул чиясе Гарем гӏадаб жо!\nПардав къала."}
{"slug": "6892-khiazhi-bilalovasde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6892-khiazhi-bilalovasde", "title": "Хӏажи Билаловасде", "date": "2020-01-21 07:10:31", "categories": ["bakikos"], "text": "Гьечӏо магӏарул чиясе хӏама гӏадаб жо\n«Бухӏараб бакъул къоялъ, хӏеренго балеб цӏадакь»,\nХӏажи вачӏинин абун, данде руссун рукӏана.\nКьер-кьераб нигӏмат бугеб, «Вдали от жён» кафеги,\nКидадай рещтӏинаян, балагьун чӏун нижгоги.\nПрава хисизе индал, гӏамалгийищ хисараб?\nХехаб тел кьабуниги, тӏаде ахӏизе кӏвечӏо.\nРоссиялде гочиндал, рокьул гучищ цӏикӏкӏараб,\nЦӏвакарал ясазулги агъазцини гьабичӏо.\nАдабияталъул дарс, нагагь цӏализе ккани,\nУргьибе нух къосараб, къавм бугиланищ тараб?\nМаданият лъаларел, лъавукъал чагӏазда гъорлъ,\nЧохьол хӏуби битӏизе, хӏал кӏоларинищ ккараб.\nВачӏун гьевги щвечӏого, щарил нахги тӏад бахун,\nТӏубараб хӏечч панкъазул нижецаго кванана.\nБицухъ рагӏи батичӏев Билаловги живго тун,\nБалагьун рукӏараца шашлыкӏазда кӏутӏана.\nГьаб хӏамида рекӏараб, сурат бачӏун букӏиндал,\nХӏинцаб ккун батилилан, Хӏажи цояз вацӏцӏана.\nЦӏуябги батанани, задный мост хӏалтӏуларин,\nМухӏамадхӏажиясги хӏукму гьедин къотӏана.\nАдухӏилав рагӏана Бахудехун шурулев,\nШашликӏал рихарав чи Билалов ватиларин.\nФатимаги йикӏана, Дидояв гъорлъ ватани,\nДуе щолел шашликӏал, жинцаго чӏамулила.\nКурскиялда чӏунилан, эмехвад вихьуларищ,\nЭркенлъиялда йигей Амаева хӏаларев.\nЧӏегӏеракьалде щунин, гьакъосев чӏинкьа-кӏутӏун,\nРукъишкал хӏукмуялде,\nхӏучч цӏазе къачӏа-кӏатӏан.\nПанкъал, шашликӏал кӏутӏун,\nкӏутӏбузда гьоцӏоги хъван,\nТӏаде чай-сокги гьекъон, къватӏир нижги рахъана."}
{"slug": "6902-mavzoleyaldasa-ilichil-risalat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6902-mavzoleyaldasa-ilichil-risalat", "title": "Мавзолеялдаса Ильичил рисалат", "date": "2020-01-21 11:48:47", "categories": ["bakikos"], "text": "Салам алейчум, чарангӏан къвакӏарал некӏсиял магӏарулазул къатӏраги чорхолъ хутӏичӏел гьанжесел аварцал!\nБихьулищ цо боржун араб заман: сайгъаталъе гӏандадерил буртинаги, бархъалисезул хъабаги, хъалиянго бухӏуларев чиясе ансадерил муштукӏги босун нужер бахӏарчиял умумул дихъе рачӏаралдаса тӏубараб гӏасру сверана.\nЖакъаги ракӏалда буго нужер кӏудияв поэтас хъвараб «Магӏарулал Ленинида аскӏор» абураб сарин.\nАмма, гӏасраби свераниги, сонал аниги, дун добго Мавзолеялда, добго цӏулал ящикӏалъув, дунялалда бугебщинаб бальзамги тӏад бахун, хириял уколазги ворлълъун, иман бугел гӏадамаз кигӏан гьараниги, насранияб къагӏидаялъ вукъизеги гьукъун, «бакъалда» рехун вуго. Бахчун щай, гьоркьов-цеве свежий воздухалдеги ворчӏула, мехтун тӏутӏал лъугьарал Мавзолеялъул хъаравулзабиги гуккун.\nСапар байбихьула Эбелаб майданалда бугеб казият — журналазул киоскалдаса. Цӏехола рекӏее хирияб «Искра», «Ильичил правда», амма бачӏинахъего бер речӏчӏула, жидеде балагь рещтӏаял, «Единороссазул» «Бурий медведь» казияталдаги «Путинил тӏанчӏи» абураб журналалдаги.\nЦо-цо къанагӏат «Бахьикъосги» щолаан, щибаб номер «Миллаталъулги» цӏалулаан.\nЦӏакъ настроение хвана, дихъаги Михъичихъаги дабить гьаричӏого хутӏарал, махновцазги бандеровцазги цӏияв президент Зеленский зурулев вугилан, жиндир кӏал цӏорояй телематушкӏа Скабеева кӏалъайдал. Амма цӏакъ вохана дов цо дунялго сурарав Хрюша-«кукурузникас», коньякалъул рюмкаялда нахъ, копойго Украинаялъе сайгъат гьабураб Крым Володял къокъаялъ къахӏан кквеялдаса. Канешна, дагьа-ма-къабго ракӏги къварилъана, тӏубараб гӏасруялъ «бакъалда» лъурав, дие лъебелазул тӏехцин битӏизе кӏвечӏел нужер игитаз, Крымалъул гӏурусазе вагонал цӏун гуманитарни груз, ай магӏарухъ руге-гьечӏел парадуктал ритӏанилан Доктор Ватсонил донесение цӏалидал. Дагъистаналда дагьалищ ругел, нужерго классикас абухъе, «напакъадул къолоца къоял нухда тӏамулел» мискин-пакъирзаби? Гьединаб жоялда гурищ нужеца абулеб рукъ бакъараб садакъайилан?!\nСалоялде ругьунал Махнол тӏанчӏахъе щвани щиб гьабилеб Кавказалъул мохмох?\nГуманитаркаги, Крымалде гуреб, дунялалъул ракъарал улкабазде битӏун лъикӏ букӏинчӏодайиланги ккола цин-цин. Севастополалдаги Симперополалдаги бандеровцал гурел болъонил тӏанчӏи рукӏаниги щиб пабальшому нужее? Карочи, умумузул цӏаралъ церехун цӏан унел рукӏин гурони, щибниги пайда гьечӏел чагӏи лъугьун руго гьанже аварцазул. Ей богу, абидна.\nКоррупциялъги кланазги квана-леб Дагъистан хвасар гьабизе ва жагьиллъиялде данде къеркьезе Володяца витӏарав Гӏабдулатӏипилазул гьоркьохъев вас Рамазанги нахъего вачун анила Централъинги цӏалана Инстаграмалда. Гьелъие сабаблъун кканила, хирург Гӏабдулхабировас Рома кантӏизе хъвараб, «Гӏундулхалат сценаялда» абураб роман. Хӏасил щиб ккараб? Улкаялъул эбелаб сценаялде баханилан хӏамаги инжит гьабуна, божарав кӏиго гьудуласда гьоркьоб кутакаб гьогьенги ккана.\nГьанже Васильевас мадар гьабулеб бугила, бащдал чиновникал Читаялде ритӏун анилан «Черновикалъул» передовицаги цӏалана. Харбал руго Гӏабдуалиевич нахъе ани, «дедил» меседил горо гӏадав Мухӏамадсалам тӏадвуссинеги рес бугила, инсухъа хутӏаралда хӏур кӏутӏизе. Аварец ханлъуде вачӏин кутакалда щакаб жо бугилан хъвалеб буго обозреватель Заурица.\nЦониги казият – журналалдаса лъазе кӏвечӏо, лезгиязул кӏиго росдае гӏоло президентасул тахидаса рещтӏине ккарав, коммуняга Муху Гимбатович гьанже кив вугевали.\nСталинист Беговги тӏагӏана политикияб аренаялдаса. Дагьав цевегӏан цо машгьурав зулмучиясе зурма пулеб бертин-туялда гьесда релълъарав чи вукӏанилан ракӏчӏезабулел макъалабиги рукӏана прессаялда, амма дунго божичӏо. Сталин хирияв чи хӏисабалда, хӏаталдаса ун вокьула дие Омарчик. Госдумаялда досул хъубухъун лъураб хъурайсин бихьарабго, Мавзолеялда вукӏинцин кӏочон толаан цо-цо мехалъ.\nЭбелаб новость самсим кӏоче-нехъин букӏун буго.\nХъахӏаб рокъоса буюрухъги кьун, хъахӏилаб вертолеталъ вачун арав Россиялъул «бищунго лъикӏав мэр» къватӏиве виччаян Путин-ханасде хитӏаб гьабиялъулги хъвалеб бугоан тӏолабго интернет-ресурсалъ. Ханасги, жив ургъилин, бетӏер хъасун бугила. Бащдаб Дагъистаналда михир бачарав чи къватӏиве виччани, хутӏараб бащалъиялда щиб гьабилеб нужеца? Пенсионни фондалъул бетӏер тӏаса вихьизавизелъун тӏубараб самолеталде ПЗРКялъ ишан босизе къасд ккарав залимасе заман щвелелде амнистия лъазаби лъикӏаб галилъун рикӏкӏунаро дица.\nЦо абундачги цӏалана басрияб-цӏияб «Бахьикъосалда».\nРосулъа вехе уневги вехеса росулъе тӏадвуссуневги кӏиго гӏандисев дандчӏван вугила кардоналда. Росулъ батӏияб-цӏияб хабар щибин гьикъун бугила вехеса вачӏунес. Бицине гӏадаб жо гьечӏинха, метер кӏал кквезехъин бугин жаваб кьун буго вехе унес.\nВабабай, вададай, бихьулищин хваралдаса хвараб гурони хабарги рагӏулеб гьечӏин къварилъахъдун вуго вехеса вачӏунев.\nГьелъухъего, мугӏрузул улкаялдасаги пока лъикӏаб хабарго рагӏулеб гьечӏо.\nБикъа-хъами, чӏвай-хъвай, спец-операциял, боевикал, вагьабистал, салафитал — нормални чигойищ гьечӏев жакъасеб «Багӏараб Дагъистаналда».\nПалхӏасил, дирги расги лъикӏ гьечӏо иш, диралдасаги тату хвараб хӏал нужерги буго.\nАмма дирги нужерги цо гӏаммаб жо буго-«надежда» абураб. Гьеб, гӏурусаз абухъе, ахиралда гурони холаро."}
{"slug": "6903-poetasul-kverazda-pinkal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6903-poetasul-kverazda-pinkal", "title": "Поэтасул кверазда пинкьал", "date": "2020-01-21 12:08:07", "categories": ["bakikos"], "text": "Тӏадбан гьекъезе байбихьаралдаса гургинаб кӏикъого сон тӏубаялда бан, араб шамат къоялъ, юбилей букӏана магӏарулазул цо машгьурав шагӏирасул.\nГьеб къоялъ берзукьа тӏагӏарав поэт битӏун анкьидаса вуссана инсул сверуде. Точнее, вачӏана лъавуде.\nКив вукӏарав, щиб «бекьулев» вукӏарав, цадахъ «рекьарилел» щал рукӏаралали лъалев чи я Союз Писателеялда, я магӏарул казияталда гьечӏоан.\nГьорон куцги бугоан юбилярасул, ссун бералги ругоан, даим кенчӏолел рукӏунел, сородулел квералги ругоан. Хӏатта пинкьалцин рахъун ругоан, пероги бокалги гурони кодоб кквечӏел поэтасул хӏеренал кверазда.\nГӏумруялъ хъвадарулевги вукӏун, неожиданно пуруц кквей бигьаяб пиша гурелъулха, гьалмагъзаби.\nГьединал ишазул устар, тӏадегӏа-наб категориялъул специалист — эксперт Гӏалигъалбацӏовасдацин кӏве-чӏо поэт-пахарасе чӏванкъотӏараб диагноз лъезе. Яги недобор батизе бугила (шагьи-пара кодоса лъугӏиялда бан) яги перебор букӏине бегьулила (после длительного запоя).\nНилъерго мацӏалде буссинабуни, сваказавун вуго халкъияв поэт «ихдалил рекьуца».\nПалхӏасил, поэт-труженик заслуживает «Захӏматалъул ударник» абураб эбелаб орден каранда базе.\nЖеги лъикӏ букӏина, киналгӏаги наградабиги кьечӏого, къвакӏараб жадул цо бокалги тӏун, живго жиндаго тани."}
{"slug": "6904-yachinaro-tiokiaj-dude-tiad-chiuzhu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6904-yachinaro-tiokiaj-dude-tiad-chiuzhu", "title": "Ячинаро тӏокӏай дуде тӏад чӏужу", "date": "2020-01-21 12:12:00", "categories": ["bakikos"], "text": "Дирго лъадуе Ода\nДирго лъадиялда лъикӏ вихьизеян,\nЛъабцӏул базаралде ячун йикӏана.\nКодоб хвезабизе шагьи-пара кьун,\nШагьаралде щвезе гьаюн йикӏана.\nБосулеб-толесса, цӏехолеб цӏикӏкӏун,\nЦӏакъго ццим хӏалуцун ячӏун ятана.\nДуца цӏияй гӏадан ячун рагӏулин,\nРагӏараз бицанин жиндаян чӏана.\nДуца бицунеб жо рагӏулеб гьечӏин,\nГӏиндасан аппарат нахъе бахъана.\nХъулухъалъе мунгӏан цӏакъай хӏурулгӏин,\nДие кисайилан, квер хьвагӏун тана.\nДуца дурго гӏамал толареб лъалин,\nЛъималги гӏун ругин, гӏелилан лълъвана.\nГьез рачизе тейин гьанже лъудбиян,\nЛъикӏалан ботӏрода тенкезабуна.\nБитӏараб бугилан, дунги тӏад рекъон,\nКъвалги бан, кӏиязго къотӏи гьабуна.\nЯчинарин тӏокӏай дуде тӏад чӏужу,\nЛъади гурониян, лъугӏизабуна."}
{"slug": "6905-l-iki-shchvaraj-dzhamilya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6905-l-iki-shchvaraj-dzhamilya", "title": "Лъикӏ щварай, Джамиля", "date": "2020-01-21 12:20:36", "categories": ["bakikos"], "text": "Д. Пахрудиновалъе\nЛъикӏ щварай, Джамиля, Бахьикъосалде,\nМахсара — хочӏалъул хулжалги раччун.\nСатира бокьулел, кучӏдул хириял,\nХабарги гьуинал гьудулзабахъе.\nАнищал херлъарав, хиял хӏорлъарав,\n«Херав» удаманас гьаюнищ къабул?\nВаккун-тӏерхьун кивго гӏодов чӏоларев,\nГӏандисев ватанищ байтал сокӏкӏулев?\nДир лъудби рикӏкӏунев рикӏкӏванисесда,\nРикӏкӏун къого гамачӏ къалалъ щвезабе.\nКъойил «гаремилан» гаргадулесда,\nГорбоде герело гаргадизабе!\nГьунар гьечӏониги, цо-цо мухъал хъван,\nДицаги хъалалъан хъарсила гьесда.\nХъабиниб тӏутӏ гӏадин гьев зузудани,\nЗар бихьизабила, гӏорхъода чӏаян."}
{"slug": "6906-shapak-atalda-khvazhain-vatichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6906-shapak-atalda-khvazhain-vatichio", "title": "Шапакъаталда хважаин ватичӏо", "date": "2020-01-21 12:23:14", "categories": ["bakikos"], "text": "Машгьурав журналист, жигарав блогер Бисавгӏалиев Мухӏамадие ракӏ-бацӏцӏадаб захӏматалъухъ хӏукуматалъ кьураб хӏалалаб шапакъат щоларого гьале лъабго лъагӏел сверана.\n1996 соналда тӏохгӏанасеб Указги бахъун, Гӏабдулатӏипилас Бисав лъазавун вукӏана Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанлъун.\nМа, кӏочон тараб кӏарчанал чиновниказда хӏурматияб цӏаралда цадахъ каранда балеб гӏаламат кьезе. Сундулго ургъел-агъаз гьечӏев бахьикъос Бисасги квер хьвагӏун тараб гьазул награда. Рачӏ ккун букӏанин жинца орден-медалазул, кодор щварал маххул гӏаламатаз борлълъизе жиндир керенго гьечӏин.\nАмма гьеб позициялда разилъичӏо Зарема Ажуевна абулей цо берцинаб-куц мухъалъул гӏадан. Культураялъул министр йигила жий ва «Награда должна найти своих героев»,- илан согӏго лъазабуна гьелъ. Лъикӏалан Бисавги веццун, шапакъат кьезехъин йикӏана, амма лауреат вачӏинчӏо сценаялде. Залалдаги гьечӏоан гьев.\nПалхӏасил, гьанжесалалъги щвечӏо шапакъат хважаинасухъе.\nЩиб лъалеб, цо щуго соналдасан щвезеги бегьула."}
{"slug": "6907-kharzh-tsiikikiina-amma-ekzamengi-keze-kkela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6907-kharzh-tsiikikiina-amma-ekzamengi-keze-kkela", "title": "Харж цӏикӏкӏина, амма экзаменги кьезе ккела", "date": "2020-01-21 12:26:56", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Тӏоцебесеб иргаялда, январалдаса нахъе хӏалтӏизе буго «Росдал учитель» абураб программаялъул хасаб сайт.\nГьелда рукӏине руго 50 азаргоялдаса дагьав чияс гӏумру гьабулел росабазулги гьенир хӏажатал учительзабазулги хӏакъалъулъ баянал. Гьел баяназда рекъон, учительзабазе рес щвела «Росдал учитель» абураб программаялда гӏахьаллъизе.\nПрограммаялда гӏахьаллъизе бегьула 55 соналъул ригьалде рахинчӏел учительзаби. Тӏаса бищараб школалда хӏалтӏизелъун вачӏун хадуб гьесул счеталде бюджеталдаса рехизе буго цо миллион гъурущ (Дальний Востокалъул регионалде арав чиясе – кӏиго млн гъурущ). Школа-лъулгун къотӏи-къай гьабун бахъинабизе ккола 20 июлалде щвезегӏан. Гьедин гьабурав учителасул счеталде гӏарац бачӏине буго тӏоцебесеб декабралде. Гьеб гӏарцудаса налог бахъизе гьечӏо ва учителасул ихтияр буго жиндиего бокьухъе гьеб хӏалтӏизабизе.\n2012 соналдаго РФялъул президентас гъулбасараб законалда рекъон, учительзабазул харж рекъезабизе кколаан регионалъул экономикаялда ругел харжазул гьоркьохъеб къадаралде. Амма гьеб гьабун бажаричӏо. Гъоркьиса батӏи-батӏиял идарабазги жамгӏиялгун пачалихъиял гӏуцӏабазги гьарурал цӏех-рехазда рекъон, гьабсагӏаталда Россиялъул 40-ниги регионалъул учительзабазе моцӏрое щола 15 азарго гъурущ гӏечӏеб гӏарац. Гьелда бан РФялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна учительзабазул моцӏрол харжазул индексация гьабизе. Гьеб хӏукмуялда рекъон, 2020 соналда харж цӏикӏкӏинабизе буго 5,5 проценталъ ва 2021 соналда – 6,1 проценталъ.\nГьелде тӏадеги, школалъул администрациялъул рес букӏине гьечӏо учителасул оклад дагьлъизабизе: 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе гьеб букӏине бегьуларо моцӏрол харжалъул бищун дагьаб роценалъул (МРОТ) 200 проценталдаса дагь. РФялъул лъай кьеялъул министралъ лъазабуна, харжалъул 70 процент букӏине кколила аслияб бутӏалъун ва 30 процент – гъирабазабиялъул, ай дарсал тун батӏияб хӏалтӏухъ кьолеб гӏарцул бутӏалъунин абун.\n2020 соналда байбихьизе буго учителасул аттестациялъул цӏияб къагӏида хӏалтӏизабизе. Рукӏине руго киназего цогоял тӏалабал. Гьелъул мурадалда къабул гьарун руго ЕФОМал – къимат кьеялъул цогоял федералиял материалал. Учителас кьолеб экзамен букӏине буго лъабго бутӏаялдаса гӏуцӏараб: хъвавулаб, дарсил видео ва гӏадатиял гурел масъалаби тӏуразари.\nХисулеб буго гӏемерсонилаб хӏалтӏул стажалда рекъон пенсиялде иналъул къагӏидаги (по выслуге лет). Масала, 2020 соналда пенсиялде унев учителасе пенсия кьезе байбихьизе буго лъагӏелгун бащдаб араб мехалда (гьеб заманалда хӏалтӏизе тӏадабги гьечӏо гьесда)."}
{"slug": "6909-barkalayal-ul-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6909-barkalayal-ul-kag-at", "title": "Баркалаялъул кагъат", "date": "2020-01-21 12:57:58", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Гьал къоязда нижехъе бачӏана Гумбет районалъул Игьали росулъа Гӏумарасхӏаб Хасаймирзаевасул кагъат.\nГьелда хъвалеб буго:\n«Гӏадатлъун лъугьун буго, Игьали росдал гьоркьохъеб школалъул дирекциялъ унта-щокъал гӏадамазе кумек гьаби. Гьедин, щиб гьабизе кканиги, нижее кумекалъе ратула школалъул цӏалдохъаби. Гьез кумек гьабула хасалихъе хуриса тӏощелги рохьоса цӏулги рокъобе босизе, лъим баччула, цӏул бичӏула, азбар-рукъ бацӏцӏад гьабула. Гьединаб ишалъе кидаго кумекалъе ратула школалъул хӏалтӏухъаби — пионервожатая Аминат Ибрагьимоваги Гӏайшат Сагӏидоваги.\nГазета гьоркьобккун, бокьун буго рехсарал педагогазеги гьезул нухмалъиялда гъоркь нижехъе хьвадулел цӏалдохъабазеги ракӏ-ракӏалъ баркала кьезе. Ниж гӏадин, Аллагьги разилъаги гьединал лъимал гӏезарурал эбел-инсудаса», — ян."}
{"slug": "6910-chiyar-yas-chiyae-te", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6910-chiyar-yas-chiyae-te", "title": "Чияр яс чияе те", "date": "2020-01-21 13:06:19", "categories": ["history"], "text": "Цебе цӏакъго тӏибитӏун букӏараб, ахираб заманалда, талихӏалъ, кӏочон толеб бугеб гӏадат буго йокьарай яс хъами. Гьеб бахӏарчияб ишлъунцин рикӏкӏунебги батана. Гьеб диналда гуребги, гӏакълуялдаги рекъолеб иш гурелъулха.\nГӏемерал бусурбабаз абула гьеб бегьулареб жойищилан. Шаргӏалъул цӏадирабазда борцани, гьеб буго кутакалда кӏудияб мунагь бугеб иш. Чияр магӏишат бикъи мунагьги такъсир гьабиги гурищ? Гьединаб такъсиралъухъ гьабулеб тамихӏги, шаргӏалда рекъон, цӏакъ кьварараб букӏуна.\nГӏезегӏанго заман буго Дагъистана-лъул Динияб идараялъ, Гӏалимзабазул советалъ имамзабазда яс хъамураб бакӏалде маслихӏат гьабизе гьоркьоре лъугьунгейин лъазабуралдаса. Гьелъул аслияб магӏнаги ккола гьеб иш гьабугейин абураб. Щайгурелъул, имамзабаз рекъел гьабичӏого толаринги абун, гьезда мугъчӏвайги гьабун унел руго гӏолохъаби нахъегӏанаб ишалде.\nКинаб хӏукму гьабуниги, имамзабазухъе рачӏинчӏогоги чӏолел гьечӏелъул, бачӏунеб буго суал кин гьабилеб гьезда гьоркьоб маслихӏатин абураб. Бищун гьелъие лъикӏаб нухлъун гӏемерисел гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго хъамурай яс эбел-инсухъе нахъе кьей, гьеб мехалъ гьабизе букӏине маслихӏатги. Гьелдаса хадуб эбел-инсуе бокьани кьела яс, рихани – тела. Хирияб хӏадисалда буго: «Бащадаб рагӏиялдалъун бугониги квешлъиялъе квербакъарав чи, гьелъул гӏахьалчи ккола», — ян. Цоги, нилъеего бокьулареб жо цогидазеги гьабизе бегьуларин абураб нух буго исламалъул. Жидер яс хъамун арал чагӏазул бакӏалда лъезе рекъараб букӏуна щивасе живго. Цинги лъала гьесда кин жиндие бокьизе бугебали.\nЩай гьеб иш гьабурабин цӏехедал, батӏи-батӏиял жавабал кьола. Цояз абула кьеян гьараниги кьечӏин, цогидал ратулел руго кьейинго абичӏого цогидасе абурай яс хъамулелги, жиндие гьей йокьулинги абун. Гьанже балагьеха, эбел-инсуца кьечӏеб заманалдаги гьей яс ячине кколин чӏей шаргӏалда рекъолищ? Гьесул кинаб ихтияр бугел гьелда тӏад, хӏатта яс разияй ятанигицин?\nЛъималазе лъикӏаб жо эбел-инсудаса лъикӏ лъалев чи вукӏунаро, гьез абуралда тӏасан рахине жалго лъималазеги лъикӏаб букӏунаро, хадусеб гӏумруялда кинабгӏаги баракат, икъбалги букӏунаро гьезул.\nГӏолохъабазда кӏочонеб буго рокьи кьолевги, берцинлъи цӏунулевги, талихӏалъул кверщел кодосевги Бетӏергьан Аллагь вукӏин! Гьесул нух цӏунун хьвадани, кинабго щвезе ресги буго.\nХӏасил гьабуни, гьеб нахъегӏанаб пиша, чияр яс хъами халкъалда гьоркьоса тӏагӏунаро гьев васасул гӏагарлъиялъгун, росдал жамагӏаталъ гьей эбел-инсухъе тӏадюссинайизе гьел тӏамичӏони.\nАлхӏамдулиллагь, нилъ руго бусурбаби, нилъеда тӏадаб борч буго щулаго исламалъул нух кквей. Чияр мулкалда, черхалда, къартӏалда хӏал гьабун кверщел гьаби исламалъ гьукъараб, мунагьаб пиша буго ва Бетӏергьанасде гӏасилъиги ккола."}
{"slug": "6913-khunzakh-a-khiazhimuraditsa-shamil-imamasukh-e-kh-varab-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6913-khunzakh-a-khiazhimuraditsa-shamil-imamasukh-e-kh-varab-kag-at", "title": "Хунзахъа Хӏажимурадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат", "date": "2020-01-22 06:22:55", "categories": ["history"], "text": "Адабалда ругьунлъарав, имамасул амруялъеги мутӏигӏав Хӏажимурадил рахъалдасан муъминзабазул имам ва Аллагьасул хӏинкъулел чагӏазул халипа, иманалъул ракьал цӏунулев, купру-къосеналъул асарал тӏагӏинарулев, бацӏцӏадаб шаригӏаталъе квербакъулев, битӏараб тӏарикъаталъул нух ккурав Шамилихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Аллагьасул саламал лъеги дуда, дуе икъбалги даимлъаги. Амин. Аслияб мурад буго мун нижее даимго сах-саламат хутӏи. Гьелда хадусеб мурадги буго нилъер тушбабазул рахъалдасан нижеда лъазе кӏвараб жо духъе щвезе гьаби. Хунзахъ хъалаялда ва Цӏатӏанихъ рукӏарал баракат бахъарал гӏурусазул аскарал, дагьал чагӏи хутӏизегӏан, нужер рахъалде ун руго. Гьединго Мочӏохъаги ун руго гьел киналго, Айсагъур хъалаялда рагъ байбихьун букӏин жидеда лъарабго. Дуда ракӏалде ккоге гьеб цӏияб, тӏаде бачӏараб бо бугилан абун. Хадувги гьез Хунзахъ амирлъун жидерго капурав бетӏерги тана. Гьез, исламалъул ракьалде лъутизехъин вукӏин лъайдал, хунздерил къадиясул васги асир гьавуна. Гьалдалъун тана.\nГьаб буго дида гьездасан лъазе кӏвараб жо.\nВассалам"}
{"slug": "6914-luk-manil-khiakimil-nasikhiatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6914-luk-manil-khiakimil-nasikhiatal", "title": "Лукъманил Хӏакимил насихӏатал", "date": "2020-01-22 06:31:52", "categories": ["history"], "text": "• Дунял цӏакъ дагьаб жо буго, гьениб дур гӏумруги жеги цӏакъ дагьаб жо буго, гьеб гӏумруялъул дуе хутӏараб жо абуни цӏакъго цӏакъ дагьаб жо буго.\n• Мун дунялалде машгъуллъуге, гьениб дуе гӏумруялъул нахъе хутӏараб жоялъул къадаралда гурого.\n• Дуца Бетӏергьан Аллагьасе гӏибадат гьабе, Гьесде мун хӏажалъулевгӏан къадаралъ.\n• Дуца ахираталъул гӏамал гьабе, гьенив чӏезе вугебгӏан къадаралъ.\n• Жужахӏалъул цӏаялдаса хвасарлъулеб гӏамал гьабе, гьелдаса хвасарлъи дуда якъинго лъазегӏан.\n• Мунагьал гьаре Аллагьасул гӏазабал хӏехьезе кӏолебгӏан къадаралъ.\n• Аллагьасде гӏасилъун мунагь гьабизе къасд ккедал, дуца балагье гьеб мунагь гьабизе Аллагьасдаги Гьесул малаикзабаздаги бихьулареб бакӏ.\n• Дуца дурго дунялги кьун ахират бичун босе – дуе дунялалдаги ахираталдаги хайир щвела.\n• Дуца дурго ахираталъухъ дунял босуге, гьанивги доваги чӏового хутӏила.\n• Бахиллъи, тӏабигӏат квешлъи ва гӏемер гӏадамазде хӏажалъи тӏалаб гьаби ахӏмакълъиялъул гӏаламатаздасан буго.\n• Гӏузру бачун мун вацӏцӏардуге дур гӏузру бихьизе бокьичӏев чиясда цеве ва дуца дур хӏажат тӏубан, дур кверщел батизе бокьуларев чиясдаса кумек тӏалаб гьабуге.\n• Адабалъул ва муруваталъул рахъалъ бищунго гӏадамазе лъикӏав чи вуго жив чияде хӏажалъидал нахъекъан чӏолев, амма жинде цогидав хӏажалъидал, гьесул хӏажат тӏубазе аскӏов чӏолев.\n• Чияр хӏакъалъулъ дуда лъараб жо дуца бищунго лъикӏалде баче, гьесдаса тӏубараб хӏужа духъе щвезегӏан.\n• Дуца гӏабдалзабаздехун магӏна гъваридаб калам гьабуге, гьез мун гьереси гьавизе гурин, гьединго гӏакъилал чагӏаздехун батӏулаб калам гьабуге, гьезул дудаго ццин бахъине гурин.\n• Жиндихъ гӏенеккуларев чиясдехун кӏалъалев чи хваразухъе цӏа бакизе цӏул баччулев чиясда релълъун вуго.\n• Дуца гӏелмуялъул агьлуялдаса гӏелму нахъчӏваге, дуе мунагь букӏуна, агьлу гурезухъе гьебги кьоге, мун гӏабдаллъун вукӏуна.\n• Воре, мун цӏуне кӏвахӏаллъиялдаса ва чӏалгӏаде чӏвачӏвадиялдаса. Кӏвахӏаллъани, дуца дудаго тӏадаб иш тӏубаларо, чӏвачӏвадани, битӏараб жоялда сабру гьабизеги кӏоларо.\n• Мун гӏемер мехалъ хӏажатханаялда гӏодов чӏоге, басур (геморрой) ккеялъе сабаблъила.\n• Халатккун хӏажат тӏубаялъ тӏул багъаризабула ва басур унти ккезабула.\n• Жинца гӏадамалги живгоги ращад гьарурав ритӏухъав чиясул Аллагьас хиралъи цӏикӏкӏинабула.\n• Васасе инсул тамихӏ хуруе рак гӏадаб жо буго.\n• Кӏалъалеб мехалъ дуца калам къокъ гьабе ва каламалдалъун мурад тӏубан хадуб каламги гьабуге.\n• Дурго хӏалкӏолъи-бажариялъ чияда зулму-хӏал гьабиялде мун ахӏараб мехалъ, дуца ракӏалдещвезабе Аллагьасул дуда тӏад бугеб къуват. Аллагьасул гӏазаб кутакаб ва даимаб лъугӏел гьечӏеб буго."}
{"slug": "6919-khiadisazul-kvatsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6919-khiadisazul-kvatsii", "title": "Хӏадисазул квацӏи", "date": "2020-01-22 06:39:32", "categories": ["history"], "text": "• Гӏамрил Салманидасан (р.гӏ.) бачӏараб хӏадисалда аварагас* абулеб буго: «Гӏагарлъиялъе кьураб садакъаялъул кири кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун хъвала». (Тӏабарани)\n• Абу Гьурайратидасан бачӏараб хӏадисалда аварагас* абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагӏдукь рукӏунел гӏадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хӏатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегӏаб квералдацин лъазе течӏел». (Муслим)\n• Ибну Гӏаббасидасан (р.гӏ.) бачӏараб хӏадисалда бицунеб буго аварагас* абунила: «Аллагьас хӏакъир гьавизе вуго рихьдае жо гьабуравги гӏадамазда гьеб бицаравги. Гьединав чи Къиямасеб къоялда инжитлъизеги вуго, гьединал ишал гьаруни, гьелъухъ кириги щвезе гьечӏо». (Муслим)\n• Ибну Гӏаббасидасан бачӏараб хӏадисалда аварагас* абулеб буго: «Алжаналде унел руччабаздаса ккола, гӏемер лъимал гьарулей, рос вокьулей, хехго гьесде юссуней, жинца росасе, яги жиндие росас зарал гьабуни, росасухъеги ячӏун гьесул кверги ккун абулей, Аллагьасхӏаги дица чадил рекел квинаро мун дида разилъизегӏан». (Насаи)"}
{"slug": "6920-tiubarab-giasru-ana-doldasa-nakh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6920-tiubarab-giasru-ana-doldasa-nakh-e", "title": "Тӏубараб гӏасру ана долдаса нахъе", "date": "2020-01-22 07:16:48", "categories": ["rel"], "text": "Исана 100 сон тӏубала РСФСРалда гьоркьоб Дагъистаналъ жибго жиндаго чӏараб республика хӏисабалда автономия лъазабуралдаса.\nРасул Хӏамзатовас абулаан Дагъистаналъул гӏемерисеб тарих хвалчабаз хъвараб бугилан. Жалго жидедаго чӏарал шагьарал ракки, хадуб Кавказалъулаб Албания абураб пачалихъ гӏуцӏи, сасанидал, гуннал, гӏарабал, туркал-сельджукал, монголал, иранал рачӏин… дагьал рукӏинчӏо гьелъул гӏумруялъулъ политикиял ва экономикиял хиса-свериял.\nРеспубликаялъ ракълилаб гӏумру гӏуцӏиялде лъурал галабазул цояб ккола Советияб власть бергьун хадуб республикаялъе автономия лъазабиги.\nГьеб тарихияб тадбир лъазабизе 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралда тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъазул чезвычайнияб съезд.\nРСФСРалъул хӏукумат (СНК) гӏуцӏана 1917 соналъул октябралда. Лъабго сон ун хадуб, республикаялда граждан рагъ унеб бугониги, 1920 соналда Дагъистаналда байбихьана рехсараб съездалде хӏадурлъизе. Гьеб букӏана Северияб Кавказалда Советияб пачалихъалъ миллиялгун пачалихъиял суалал гӏумруялде рахъинаризе байбихьараб мех.\nХадуб, съездалъул хӏукмуги кьочӏое босун, 1921 соналъул 20 январалда бахъараб ВЦИКалъул декреталъ юридикияб нух рагьана РСФСРалда Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социалистияб Республика (ДАССР) гӏуцӏиялъе. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏасилалда Дагъистан ккана бакъба-ккул халкъазул автономия кьурал республикабазул кӏиабилеблъун. Тӏоцебе гьединаб автономия щвана Азербайжаналъе.\nВКП(б)ялъул Централияб Комитеталъул ва Советияб пачалихъалъул цӏаралдасан Дагъистаналъе Советияб автономия кьеялъул хӏакъалъулъ Декларация цӏалана РСФСРалъул миллиял ишазул рахъалъ Халкъияв комиссар И. В. Сталиница. Гьенибго кӏудияб кӏалъай гьабуна С. Орджоникидзецаги. Гьеб Декреталда бихьизабулеб буго Дагъистан АССР РСФСРалде гъорлъе унила кинабниги Дагъистан областалъул букӏараб ракьгун, Терский областалъул Хасавюрт округ ва Каспий ралъдал рагӏаллъиги тӏаде жубанилан.\nХадусеб, 1921 соналъул 12 февралалда Дагъистаналъул делегация В. И. Лениница Кремлялда къабулги гьабуна. Ленинилгун букӏараб данчӏваялдаса хадуб щуго къо инелде мугӏрузул улкаялъул захӏматчагӏазул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ суал гьоркьоб лъуна Москваялда ВЦИКалъул данделъиялда. Гьеб халгьабиялдаса хадуб Дагъистаналде бачӏана мануфактураялъул ва промышленнияб къайи, тӏагӏел-алат, станокал, хъарщи-цӏул ва типографиялъул къайи-цӏаги.\nЗаманалъул тӏалабалги хӏисабалде росун, республикаялъул суалал тӏуразе Россиялъул тахшагьаралда хӏажат букӏана хасаб идара. Гьединлъидал 1921 соналъул 26 маялда РСФСРалъул миллиял ишазул Халкъияб Комиссариаталда (Наркомнац) цебе гӏуцӏана Дагъистаналъул вакиллъиги. Гьел тадбиразул хӏасилалда гӏицӏго 1920-1923 соназда нилъер республикалъе Ленинил амруялдалъун 400 млн гъурущ щвана бакъараб халкъалъе кумек гьаби мурадалда ва цо млн гъурущ меседалдалъун — халкъияб магӏишат цебетӏезабиялъе хӏалтӏизабизеги.\nДагъистаналъе автономия кьея-лъул доб заманалда букӏана цӏакъго кӏудияб кӏварги. Республикаялъе рес щвана тӏоцебесеб жиндирго Конституция къабул гьабизе. Автономия кьуралдаса хадуб, 1921 соналъул декабралда ахӏараб Советазул Учредительнияб съездалда Дагъистаналъул гьеб Аслияб закон къабулги гьабуна. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналда Советияб хӏукумат законалъул кучӏалда щула гьабуна. Конституциялда бихьизабуна республикаялъе нухмалъи гьабизе рукӏине кколел гӏуцӏабазул къагӏидаги, къабул гьаруна республикаялъул тӏадегӏанал идарабиги — ЦИК (централияб исполнительнияб комитет) ва СНК (совнарком).\nРеспубликаялда бищунго тӏаде-гӏанаб идаралъун бихьизабуна Тӏол-годагъистаналъул Советазул съезд.\nГьелдаса хадуб ана тӏубараб гӏасру. Гьеб заманалда республикаялъул политикияб, социалиябгун экономикияб, жамгӏияб ва культурияб гӏумруялда жанир ккана чӏахӏиял хиса-басиял. Гьелги хӏисабалде росун, Дагъистаналда 1927, 1994, 2006 соназда къабул гьаруна цӏиял Конституциялги."}
{"slug": "6922-insul-rosul-e-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6922-insul-rosul-e-sapar", "title": "Инсул росулъе сапар", "date": "2020-01-22 08:36:29", "categories": ["lit"], "text": "2019 соналъул ахиралда цо къоялъ дихъе кӏалъан вачӏана Гумбет районалъул Гьарадерихъ росулъа Юсуп Мухӏамадов. Гьес бицана жиндирго мурад — гӏахьаллъулев вуго «Хӏакъикъат» газеталда цӏар хисиялъе лъазабураб къецалда. Юсупица абуна жинда берцин бихьун бугила ИРС абураб цӏар. Щибаб хӏарпалъул магӏнаги бицана гьес.\nИРС – Инсул Росулъе Сапар. Дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна хӏарпазул магӏнаялъ – гьеб букӏана дун магӏарухъе, инсул росулъе къачӏалей йигеб талихӏаб лахӏзат. Пикрабаз гьелчезайизе лъугьарай дида цоги нухалда ракӏалде щвана гӏагараб росуги, росдал къватӏалги, гьенирго тарал кӏарчамаб лъимерлъиги, гогьаб гӏолиллъиги, дун ячӏиналъухъ балагьун чӏун бугеб инсул минаги, умумузул заналги.\nГьалеха дандего гьулчун бачӏана магӏаруллъиялъул махӏ. Бацӏцӏадаб гьаваялъги, гӏагараб Тӏануси росдал балазда тӏавап гьабулел ругел цӏумазги, цӏумазул борхалъиялде цӏаруцӏине къваригӏарал хӏайранаб хунздерил тӏалъиялъул росабазги майилан кодоре кьолел рукӏана дихъе инсул росулъе гьабулеб бугеб сапаралъул хулжал.\nЩинкӏун ине къачӏадилеб бугеб бакъул чӏоралги лъугьана недегьго дир пикраби реэдизе. Гӏазухъ урхъун бугеб тӏабигӏаталъулъги гӏажаибаб чӏаголъи бугин кколеб букӏана. Маркӏачӏул заман гӏагарлъулеб букӏана, дун росулъе щолелъул. Цинги цо цӏакъго бакӏаб ва къваридаб лахӏзаталъ цӏамхӏалаб магӏуялъул кумекалдалъун ячун, пикрабазул айгъирги кьолон, щвезаюна инсул минаялде. Талихӏ ккана рукӏкӏун букӏин, гуребани, кӏвезе букӏинчӏо дида росуцоязул саламалъе жаваб кьезе. Бецӏаб дунял рогьун араб гӏадаб асар гьабуна, Шамай – адайиланги абун, гьитӏинал мадугьалзаби Шумайсатги Аминатги, хӏатӏида гӏицӏго, дандего рекерун рачӏиндал. Пикрабазулъа накӏкӏалги ана, ракӏги рагьун ана, анищалги роцӏана.\nАмма хулжазул кӏал рагьарабго, цӏидасанги пашманлъиялъ ханлъи гьабуна рекӏеда. Гьениб батарабщинаб хазина: росдал гӏадамалги, гьезул гӏадатал-гӏамалалги, гьитӏинаб ватӏаналъул тарихги, тарихалда гугьар бекьулел росуцоялги, мацӏги, цӏарги…\nГьале доб умумуз ирсалъе тараб хвел букӏине ресго гьечӏеб хазина. Умумузул росабалъе сапарал цӏикӏкӏани, цӏикӏкӏине буго рахьдал мацӏалдеги ватӏаналдеги рокьи. Нилъ рикӏкӏалъанагӏан, рикӏкӏалъулеб, гӏа-гарлъанагӏан гӏагарлъулеб букӏуна гӏумруялъул аслулъун жиб кколеб\nрокьи.\nГьединал сапарал цӏикӏкӏани, чӏаголъизе буго магӏаруллъи.\nРосулъе щведал, нилъер щивасул борчлъун ккола умумузул заназухъе щвей. Гьениблъидал нилъер гӏумруялъул ахирги бугеб. Гьениб ракӏалде щола нилъеда кинабго, регула нахъехун гӏумруялъул тӏехьалъул рухӏаралги цӏороралги тӏанчал. Эбел-инсулги вацасулги заназде къулидал, дидаги цебечӏола гьезиеги гьабичӏого гьоркьоб хутӏанщинаб лъикӏлъи, гьабизе ресги букӏараб. Гьабураб жого батулебги гьечӏо. Бутӏрул къулизе кколел руго, заназе гурел, чӏагоязе. Гьеб нилъер ирсилазда бичӏчӏичӏони, гьезул букӏинеселда гӏумруялъул бакъул хинлъи чӏвазе гьечӏо. Гьединаб наслуялъ хадусеб наслуялъе гӏицӏго чӏобоголъи тезе буго. Гьедин ккечӏого букӏине ккани, инсул росулъе сапарал гӏемер гьаризе ккола. Лъимал дандчӏвазе ккола умумузул заналгун, гьезда рихьизе ккола рорхатал мугӏрузул гӏаздалал тӏогьалги тӏогьода росарал расалъабиги. Гьезда лъазе ккола росдал щибаб гамачӏалъул тарихги, гьезда бичӏчӏизе ккола магӏарухъ рижулел тӏугьдузул мацӏги, гьенир хӏанчӏаз хӏайранго рачунел бакъназул магӏнаги, магӏу-релъиялъул багьаги.\nМагӏарухъ щола магӏаруласе гӏумруялъул дарсалги. Гьениб, инсул росдал гъасда даим нилъехъ балагьун чӏун букӏуна гӏумруялъул рогьеллъунги къисматалъул нурлъунги кколеб умумузул цӏа. Гьелъ нилъ рачуна рахьдал мацӏалдеги умумузул нухаздеги букӏине кколеб гӏищкъул гъанситохъе.\nГьаб нухалда щвана кӏиабилеб рукълъун дие букӏараб, 22 соналъ дун хӏалтӏараб гӏагараб школалдеги. Гьенирго тӏупана дица гӏолохъанлъиялъул хӏасратал анищал. Гьениб дир рекӏелъ кунчӏун букӏана талихӏалъул цӏа. Гьениб къалъараб бакъалъул хинлъи жеги гӏолеб буго дие. Гьениб тана гӏолохъанлъиги херлъиги дир эбел-инсуцаги. Амма школалда дица тун букӏараб бакъул кунчӏи дагьабго сун батана. Гьечӏо гьелъул чӏоразда гьоркьоб бищун аслияблъун дие букӏараб кӏиго чӏор.\nШколалъул азбаралдасан рихьулел руго лъимерлъиялъул лъалкӏал. Доле Гӏуртӏа майдан. Бокьун бугеб куцха цоги нухалда гьений тира-сверизе, гьенир рижулел хъахӏал, хъахӏилал, тӏогьилал тӏугьдузул квацӏи гьабун, эбелалъул зонохъе ине. Гьейгун цадахълъидалха дица квацӏаби гьарулел рукӏарал.\nГьалеха хӏорги, школалда цебе. Щибго къваригӏел гьечӏониги, бацӏцӏадаб парталги босун, уна гьение ясалгун черезеги, ясандизеги, гогьдаризеги. Гьединал ракӏалдещвеял рукӏуна киназулго. Гьеб киналъулго пикру нилъеца гьабула рахьдал мацӏалда. Гьединлъидал инсул росулъе сапарал цӏигьаризе нилъ журани, хӏасил лъикӏаб ккезе буго. Гьенисан роржуна нилъ цогидаб дунялалде, гьениб ахӏараб кочӏол саринахъе кьурдула нилъер талихӏ.\nВа гьале къо-лъикӏ гьабулеб буго гӏагараб росдалгун. Сардил сихӏкъотӏи. Гвангъун роцӏараб зодир кенчӏелел цӏваби. Доле бортун ана цо цӏва, гьелда хадуб – цогиги, цинги — цогиги, цогиги, цогиги… Гьанжеги чӏобого хутӏизехъин бугеб минаялъул азбаралъуйги эхетун йигей дун яс-ясун ялей йиго пикрабаз. Ва ахиралдаги — росдал хабзал. Гьаб нухалдаги хадур ралагьун толел руго инсул, эбелалъул, вацасул, ункъгӏалалъул, имгӏаласул, кӏодоэбелалъул занал. Гьезул хъвай-хъвагӏаяз цоги нухалда ракӏалде щвезабулеб буго дир гӏумруялъул ахирги гьезда хьолбохъ букӏин."}
{"slug": "6923-roki-gureb-tiegachio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6923-roki-gureb-tiegachio", "title": "Рокьи гуреб тӏегьачӏо…", "date": "2020-01-22 12:33:00", "categories": ["lit"], "text": "Асхӏабгӏали Хӏасанов магӏарулазда лъала шагӏир, палугьан, кочӏохъан хӏисабалдаги Даку Асадулаевасул цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев хӏисабалдаги.\nГьев ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. Гьес къватӏибе биччана микьго тӏехь. Дагьаб цебегӏан къватӏибе бачӏараб иргадулаб тӏехьалда цӏар буго «Рокьул чирахъ» абун. Тӏехь гӏуцӏун буго анлъго бутӏаялдаса. Шагӏирасул шигӏрабазул аслиял темабилъун ккола ватӏаналде рокьиги, умумузул бахӏарчияб тарихги, жакъасеб къоялъул къисматги, заманаялъ зурулеб бугеб гӏасруги.\nМасала, имам Шамилил гьал жугьабаз дие гьабуна кӏудияб асар. Авторасул гъира-шавкъалъ черхалда сиригицин базабулеб буго:\n— Гьале дунги щвана\nгӏешдерил щобде,\nШамил, витӏе дунги\nЩулалъул гохӏде.\nТушбаби гъуризе гъазаваталде,\nНазму ахӏулаго,\nина – кье хвалчен.\nГьединабго асар гьабуна дие авторас рехсараб щуго рокьиялъги: Тӏадегӏанав Аллагьасде, эбел-инсуде, ватӏаналде, хъизамалде, лъималазде, лъикӏабщиналде…\n— Рокьи гуреб дир рекӏелъ\nкиданиги тӏегьачӏо,\nГьениб жахӏда-цциналъе\nхӏапа-роялъ кӏал бачӏо.\nЛъикӏабщиналде рокьи\nралъад-гӏанги буго дилъ,\nДаимлъигун бащадаб буго\nгьеб щуго рокьи.\nБиччанте гьаб цӏияб тӏехьги рокьул чирахълъун гвангъизе щивав цӏалдолесул ракӏазулъ."}
{"slug": "6924-putinil-kialdisa-kiudiyal-khulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6924-putinil-kialdisa-kiudiyal-khulal", "title": "Путинил кӏалдиса кӏудиял хьулал", "date": "2020-01-22 13:15:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,\nКонституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.\n15 январалда РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏаб, це-\nресел соназ гьарураздаса гӏемер батӏияб букӏанин абизе бегьула. Гӏемерал гӏадамал, хасго гӏолохъанал\nхъизамал рохизарурал хӏужаби рехсана президентас гьенир. Жакъасеб номералда нижеца рехсолел руго\nулкаялъул бетӏерас жиндирго хитӏабалда рорхарал бищунго кӏвар бугел цо-цо хӏужаби ва баянал.\nПрезидентас байбихьана демо-\nграфиялъул суалалдасан. Жакъа\nнилъер улкаялда 147 миллион чи\nвугин бицана гьес. 2000-абилел со-\nназда хӏалтӏизе риччарал програм-\nмабазда рекъон, нилъеда кӏванила\nхалкъалъул къадар лъикӏаланго\nцӏикӏкӏинабизе.\nПрезидентас бицухъе, гьарулел\nлъималазул къадар нахъеги гӏодобе\nккун буго. Гьес мисалалъе бачана\nлъимал гьариялъул рахъалъ 1943\nсоналда рукӏарал тарихал. Кӏудияб\nВатӏанияб рагъул\nзаманалда дан-\nдеккунцин квеш рагӏула гьеб стати-\nстика.\nГьединго лъималазе ясли-ахал-\nги гӏолел гьечӏилан тӏаде жубана\nПутиница. 2021 соналде щвезегӏан\n255 азарго ясли-ах базе гӏарац\nбиччан букӏанила бюджеталдаса.\nАмма 2018-2019 соназда гӏицӏго 78\nазарго гурони ясли-ах бан бахъ-\nун гьечӏо. Гьезда гьоркьосаги,\nгьабсагӏаталъго лъимал жанире\nрачӏине бегьулеб хӏалалда 33 азарго\nгурони къачӏан рагӏуларо. Гьедин\nхӏалтӏи унеб бугони, дандеккола-\nрин абуна улкаялъул бетӏерас ре-\nгионазул нухмалъулезде хитӏабги\nгьабун. 2021 соналде 178 азарго\nясли-ах къачӏан букӏине ккелила.\n«Амма нилъер демографиялъул\nбукӏинеселъе цӏакъ хӏинкъи\nбугеб цоги суал ккола халкъалъул\nцӏикӏкӏарасеб къадаралъе щолеб\nмухь мукъсанаб букӏин. Гьезда гьоркьор\nцӏакъго дагьаб гурони тӏаде\nбачӏунеб гӏарац гьечӏел гӏадамазул\n70-80 процент ккола гӏолохъанал\nхъизамал.\nГьединлъидал нижеца хӏукму\nгьабуна, гӏумру гьабизе хӏажалъулелдаса\nдагьаб гӏарац бачӏунев\nкӏиго чи рокъов вугони,\nгьезул\nтӏоцересел ва кӏиабилел лъималазе\nщибаб моцӏалъе 11 000 гъурущ\nбачӏунеб хӏисаб гьабизе. Цебе\nгӏадин лъагӏелгун бащдаб базегӏан\nгуреб, гьеб гӏарац щвезе буго лъимаца\nлъабго сон базегӏан», — илан\nабуна президентас.\nАмма гьелдалъун къокълъизе\nгьечӏо гьеб программа.\nВладимир Путиница абуна жин-\nда бичӏчӏулила лъабго сон баралда-\nса анкьго сон лъималаз базегӏанги\nхӏалтӏуде яхъине эбелалъе бигьа\nбукӏунареблъи. Гьединлъидал къваригӏун\nбугила гьаб соналъул 1 янва-\nралдаса нахъе анкьго сон базегӏан\nщибаб моцӏалъ лъимералъе гӏарац\nбачӏунеб куц гьабизе."}
{"slug": "6934-putinil-kialdisa-kiudiyal-khulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6934-putinil-kialdisa-kiudiyal-khulal", "title": "Путинил кӏалдиса кӏудиял хьулал", "date": "2020-01-23 10:21:59", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Федералияб Собраниялде Хитӏаб\n«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,\nКонституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.\nЭбелалъул гӏарцул гуч\nВладимир Путиница ракӏалде щвезабуна 2006 соналъ гьадинабго хитӏабгун цеве вахъунеб мехалъ, «Эелалъулаб капитал» программа хӏалтӏизе биччалеб бугилан гьабураб лъазаби.\n— Гьабсагӏат гьеб программа хӏалтӏулеб буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегӏан. Гӏемерисел гӏолохъанал хъизамазда ургъел чӏван батула 2022 соналъ гьеб программа къотӏизе батулин абураб пикруялъ. Нижеца гьеб къотӏизе гьабиларо. Эбелалъул капитал кьолеб программа халатбахъинабулеб буго 2026 соналъул 31 декабралде щвезегӏан.\n«Эбелалъулаб капитал» щвезе буго тӏоцебесеб лъимер гьабун хадубги. Гьелъул жакъасеб къадаралда рекъон, гьеб ккола 466 000 гъурущ.\nАмма жакъасеб демографиялъул ахӏвал-хӏалалда рекъон, гьебги гӏураб къадар кколеб гьечӏо. Нилъер рес буго гьеб жеги цӏикӏкӏинабизе. Гьединлъидал рачӏа гьеб 150 000 гъурущалъ цӏикӏкӏинабизе. Тӏаде жубараб къадаргун цадахъ, 616 000 гъурущ эбелалъул гӏарцул щвезе буго кӏиабилеб гьабураб лъимералъе, — ян абуна Владимир Путиница.\nУчительзабазул харж\nва хинаб къадеквен\nКӏудияб разилъигун лъималазул улбуз къабул гьабураб хабар ккана байбихьул классазда цӏалулел школлъималазе хинаб къадеквен чӏобого чӏезабиялда бараб лъазабиги.\nМугӏалимзабиги кӏочон течӏо Путинида. Класс бачаралъухъ тӏоцебесеб сентябралдаса нахъе 5000 гъурщидаса дагьаб гьечӏеб гӏарац тӏаде жубазе буго гьанже учителасул харжалде.\nПрезидентас тӏаде жубана жинда кӏочон гьечӏила мугӏалимзабазул аслияб харж цӏикӏкӏинабиялъул суалги. Маялъулал указазда гьоркьоб бугила гьелъул бицунеб.\nГьеб масъала жеги тӏубан бахъинчӏила, амма рагӏалда бахъинабичӏого теларила.\nУнтаразул ургъалида\nИсана соналъул тӏоцебесеб июлалдаса байбихьун цӏиял ФАПАлгун поликлиникабазе ва больницабазе цӏияб къайи-цӏа босизе 550 млрд гъурущ биччазе бугинги бицана Владимир Путиница.\n— Сахлъи цӏуниялъул сфераялда хурхун цо-цо бергьенлъаби росизе кӏвана нилъеда ахирал соназда. Гӏумру халалъиялъул, ригь борхизаби ва лъимал хвеялъул хӏужаби дагь гьаризе кӏвей гӏадал. Амма чанго километралъ рикӏкӏадасаги вачӏун, поликлиникаялда тохтурасухъе ине ирга щвезегӏан чӏун, ракӏсвакарав унтарасе ургъел гьечӏо нилъеца рехсолел тарихазул. Гьесие ургъел буго жиндирго сахлъиялъул, квалквал гьечӏого тохтурасул кумек щвезе бугеб куцалъул. Гьеб хӏисабалде босичӏого тезе изну гьечӏо нилъер, — ан абуна пачалихъалъул нухмалъулес.\nМедицинаялъул вузазде лъугьунел студентазе бюджеталъулал бакӏал цӏикӏкӏинаризе ккеялъулги бицана гьес. Гьединго тохтурзабазе жанир чӏезе бакӏазул суалалдеги кӏвар буссинабизе ахӏана президентас регионалъул нухмалъулел. Хасго росабалъ хӏалтӏулел ругел тохтурзабазе.\nКонституциялда хиса-басиял\nва Пачалихъияб Думаялъул даража\nГьел гурелги, гӏемер батӏи-батӏиял масъалабазул хӏакъалъулъ бицана президентас хитӏабалда. Гӏемерисез кӏвар буссинабураб жо ккана РФялъул Конституциялда цо-цо хиса-басиял гьаризе ругилан абураб баян. Гьезда гьоркьоб букӏана Россиялъул президентасул хъулухъалде кандидатура лъолев чиясда хурхун чӏезаризе ругел шартӏал. 25 соналъ Россиялда гӏумру гьабулев чиясе гурони рес кьезе гьечӏила гьенибе жиндирго кандидатура лъезе.\nГьединго Путиница абуна Пачалихъияб Думаялъе ихтияр кьолеб бугин хӏукуматалъул министрзабазул кабинет гӏуцӏизеги. Гьанже гьелъул изну букӏине бугин хӏукуматалъул нухмалъулесул кандидатура цебе босизе гуребги, гьеб кандидатура тасдикъ гьабун, гьев хъулухъалда тезеги. Президентасул ихтияр букӏине гьечӏин гьезул хӏукму нахъчӏвазе. Амма хӏукуматалъул нухмалъулев тезе тӏаде босараб гӏадин, Думаялъул депутатаз жаваб кьезе рагӏула хӏукуматалъул кабинеталъ гьабураб хӏалтӏулги, гьелъ гьарурал хӏукмабазда хурхунги.\nВладимир Путиница баян гьабуна нилъер пачалихъ кӏудияб бугин, гьединлъидал тӏубанго парламенталъул республика гьабун дандекколарин. Къуваталъул идарабазул нухмалъулел хъулухъалде тӏамиялъул ишги президентасул бербалагьиялда гъоркь букӏине бугин.\nДиванчагӏазе тамихӏ ва Конституциялъул судалъе щвараб тӏокӏлъи\nЦоги цӏияб жолъун ккана Конституциялъул ва Верховный судазул судиязул «лъиданиги ралареллъун» букӏараб даража хвезабулеб бугин абураб хабарги. Гьезул цӏаралде ва намусалде дандекколарел ишал гьарурал судиял хӏалтӏудаса нахъе рачахъизе рагӏула.\nГьелдаго цадахъ Конституциялъул судалъул даражаги борхизабизе букӏиналъул тӏаде жубана президентас. Пачалихъияб Думаялъ хӏадур гьарурал къануналъул проектал, Конституциялде дандекколищали халгьабизе бугила гьез, президентасул гъулбас гьабилалде.\n— Халкъалъул пикру — пачалихъалъул суверенитет ва тӏалъиялъул аслу хӏисабалдаги букӏине ккола аслияблъун. Жакъаги, метерги, букӏинеселдаги, пачалихъалъул цебетӏеялда ва халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялдаги жанир, ахир-къадги киналъего хӏукму къотӏулел чагӏи ккола жалго гӏадамал. Къуватаб, парахатаб ва жакъасел тӏалабазде дандекколеб улкалъун Россия гьабизе нилъеда кӏола халкъалъул, гӏадамазул пикруялъухъ гӏинтӏамуни, — ян абуна ахиралдаги улкаялъул бетӏерас.\nГьеб гуришха нилъер киназулго мурадги.\nP.S. РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьаризелъун, президент Владимир Путинил тӏадкъаялда рекъон, гӏуцӏун буго хасаб къокъа. Гьелда гъорлъ вуго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул спикер Хизри Шихсагӏидовги. Гьесдаго цадахъ гьенир руго къанун бахъулел чагӏиги, гӏалимзабиги, кочӏохъабиги, артисталги, музыканталги, цогидалги."}
{"slug": "6935-khitiabalda-tiasan-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6935-khitiabalda-tiasan-pikrabi", "title": "Хитӏабалда тӏасан пикраби", "date": "2020-01-23 10:40:36", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "ДРялъул бетӏер Владимир Васильев:\n«Улкаялъул нухмалъулесул жакъасеб политика хурхараб буго кӏиго аслияб масъалаялда. Нилъер пачалихъалъул къадру борхизабиги щивав чиясул тӏалабазде кӏвар кьейги.\nПрезидентас цере лъурал киналго масъалаби данде росани, гьел хурхарал руго Россиялда гӏумру гьабун ругезул къадар цӏикӏкӏинабиялда, лъай кьеялда ва сахлъи цӏуниялда киналго шартӏал чӏезариялда, халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялда ва гьел гурел цогидалги тӏалабазда.\nДемографиялъул рахъ лъикӏлъизабиялъе кӏудияб рес буго жакъа Дагъистаналда. Амма гьелъие хӏажатал шартӏал чӏезаризе ккола. Гьабсагӏат нижеца цӏакъ тӏадчӏей гьабулеб буго школазул минаби къачӏаялда, лъим бачиналда ва цогидалги масъалабазда. Регионазда ругел школал къачӏаялде ва школлъималазе квен чӏезабиялде кӏвар кьезе кколин абуна президентасги. Гьелъиеги къваригӏуна сурсатал. Анцӏ-анцӏ соназ цо гъурущцин биччан букӏинчӏеб 700 школалда гьоркьоса, 300 къачӏан буго нижеца».\nДРялъул информациялъул, бухьеназул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирев:\n«Владимир Путинил хитӏабалда жаниб аслияб бакӏ ккун буго инсанас, гьесул рукӏа-рахъиналъул суалалъ. «Россиялъул цебетӏей букӏине гьечӏо чиясул парахатаб гӏумру гьечӏони», — ян абуна улкаялъул нухмалъулес.\nПрезидентасул хитӏабалда хасаб бакӏ ккун буго экономикаялъул цифровияб трансформациялда хурхараб темаялъги. Ниж хӏадур руго гьел масъалаби гӏумруялде рахъинариялда тӏад хӏалтӏизе. Гьезда гьоркьоб буго «квалквал гьечӏеб» интернет абураб проектги».\nМугӏрузул округалда вугев ДРялъул бетӏерасул вакил Мухӏамад Камилов:\n«Демографиялъул суалазда хурхун, хасго гӏисинал лъимал ругел хъизамазе гӏарац кьезе бугин президентас абураб хабаралъ гӏемерав чи вохизавуна. Цебе лъабго сон базегӏан гурони кьолеб букӏинчӏеб гӏарац, гьанже кьезе бугила анкьго сон базегӏан.\nЦоги цӏакъ кӏвар бугеб суал борхана президентас медицинаялъул вузазде лъугьунел студентазе, бюджеталъул бакӏазде бугеб квота цӏикӏкӏинабизе бугин абураб. Бюджеталъул бакӏал щибаб соналъ дагь гьарулел рукӏана, гьанже иш батӏайиса букӏина. Халкъалда рагӏизе бокьарал чанги масъалаби рехсана президентас хитӏабалда. Сунца квалквал гьабулеб букӏараб гьесие гьединаб хитӏаб цересел соназда гьабизеян суал лъолеб бугони, гьелъие гӏиллаби рукӏана. Путинидаги бичӏчӏулеб букӏана халкъалъул рази гьечӏолъи букӏин. Олигархазги цогидазги бечелъи къватӏибе баччулеб букӏана, къватӏисел улкабазда жидерго счеталги рагьун. Путинида бичӏчӏана гьедин бичча-бихъан тун иш дандекколареблъи».\n«Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб партиялъул вакил Альберт Эседов:\n«Гӏаммаб куцалда босани, социалиял суалал роцӏинаризе ишан босараб хитӏаб букӏанин президентасулин абизе бегьула. Гьенир чӏванкъотӏун рихьизарун руго демографиялъул суал цебетӏезабизеги, «Эбелалалъулаб капитал» бечед гьабизеги, мугӏалимзабазул харжалде тӏаде кьезе бугеб гӏарцулги ва цогидалги масъалабазда хурхун гьабизе бугеб хӏалтӏул программаби. Аслияб жо буго гьел хӏукмаби, Маялъул указал гӏадин, кагътида хутӏичӏого, щивав чиясул рокъоре щвей»."}
{"slug": "6936-l-edasa-makhiruml-arab-kharakhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6936-l-edasa-makhiruml-arab-kharakhi", "title": "Лъедаса махӏрумлъараб Харахьи", "date": "2020-01-23 10:46:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "3 январалдаса нахъе гьекъолеб лъедаса махӏрумлъун хутӏун буго щунусгоялдасаги цӏикӏкӏун цӏараки жаниб бугеб Харахьи росу.\n1500-гӏан чияс гӏумру гьабулеб гьеб росулъ буго жеги анцӏго росдал гӏадамал къабул гьарулеб участкаялъулаб больницаги, консервазул цехги, гьоркьохъеб школаги, библиотекагун чанго тукенги, пекарняги, цогидал учреждениялги. Росулъ балеб буго цӏа свинабулезул хъулухъалъул станцияги. Амма сахъадерил магӏарда гъоркьан лъим бачараб бакӏалдаса аскӏоса гӏебеде чӏвараб цӏер биинегӏанги, гьенир цогидал тадбирал гьаризегӏанги Харахьи росулъ лъел къварилъи ихдаде щвезегӏанги хутӏизеги бегьула.\nРогӏразда цӏер чӏван букӏин лъайдал, херехьдерил жамагӏаталъ чанцӏулго гьеб бакӏалдеги щун, хӏалбихьана, цӏерги биинабун, гьенир цӏиял рогӏрал лъезе.\nГьабсагӏаталда гьенибе лъим баччулеб буго аскӏоб бугеб Гӏоротӏа росулъа, гьединго руго Хунзахъа райадминистрациялъ ритӏун рачӏунел машинабиги. Тӏоцересел къоязда цо-цо гӏарзал рукӏана Хунзахъа бачӏараб лъим чорокаб батанилан. Щайин абуни, лъим босун бачӏарал машинабазул къалал жаниса рацӏцӏадал ратичӏого.\nГьелда бан суал бачӏунеб буго санэпидстанциялъ изну кьураб бакӏалдаса цӏолеб бугодай гьеб лъимин абураб. Гьединго жалго гьел машинабазул («Водовоз») бугебдай гӏадамаз гьекъолеб лъим баччизе ихтияр?\nГӏоротӏаги, хасго тӏоцересел къоязда, лъеда хадуб херехьдерил тӏубараб росуго бачӏун сагӏтаз чӏезе кколел рукӏана къулгӏадухъ. Гьелде тӏадеги, бакӏ-бакӏалда лъиналги цӏорон, добаги лъел чвахи цӏакъго тӏеренаб бугин бицана росдал гӏадамаз.\nГьединго байбихьуда кутакаб малъкъосиялде ккун букӏана гӏи-боцӏиги. Росотӏе бачӏараб гӏачиязул рехьед, гьениб лъимги батичӏого, гӏергӏериялда унаан нахъе.\n14 январалда ДРялъул хӏукуматалде росдае гьекъолеб лъим хӏажат букӏиналда хурхун хӏадурарал документалгун Махӏачхъалаялде щвана Харахьи росдал жамагӏатчи Хӏассан Хӏажиев.\nГьев дандчӏвана ришватчилъиялда данде чӏезелъун ДРялъул нухмалъулесда цебе гӏуцӏараб управлениялъул бетӏерасул заместитель Гӏалибег Гӏалиевгунги, Мугӏрузул округалда вугев республикаялъул бетӏерасул вакил Мухӏамад Камиловгунги.\nГьелдаса хадуб Хӏассанилгун нижер хабар ккана «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялдаги. Хас гьабуна росдал бегавуласухъа щай гьеб интервью босуларебин ракӏалдеккезе бегьула, Хӏассанихъа босичӏого.\nГьелъие цо гӏилла ккола гьанжегӏагар росдал бегавул хъулухъалдаса нахъе ин (лъел суалалда бан гуро, гьес гьединаб гӏарза администрациялде цебего кьун букӏун буго).\nГьединго Хӏассан Хӏажиев кӏицӏул батӏа-батӏайисан Харахьи росдал бегавуллъун вукӏарав чи вуго (цин 80-абилел, хадуб – 90-абилел соназда). Гьединго росулъе лъим бахъизе байбихьаразул цояв ккола гьевги мунагьал чураяв росдал дибирлъун вукӏарав Сапигуллагьги, херехьдерил цогидал жамагӏатчагӏиги.\nЖеги советияб заманалъул гуч бугеб, гьединал хӏалтӏабазе пачалихъалъ гӏезегӏан гӏарац биччалеб заман букӏаниги, тӏири мухьги босичӏого, Аллагьасе гӏоло киридахъ росдае лъим бахъизе эхетарал гьел киназулго хӏал ажаналъуб батаги.\nЛъел масъалаялъул рахъалъ Хӏассаница бицана:\n— Харахьибе лъим бачӏунеб рогӏоро Парси магӏарда гъоркьан (сахъадерил мегӏер) бачун букӏана 1981 соналдаго. Доб мехалда «Даггипроводхоз» абулеб проектазул институталъул вакилзабаз нижеда лъазабун букӏана 20-25 соналдасан рогӏоро цӏияб лъезе кколилан. Амма гьелдаса нахъе ана 40 сон. Доб хӏукуматги биххана. Лъиде гӏарз бахъилебали, лъидаса кумек щвелебали лъаларого нижги хутӏана. Гьединлъидал гьабгощинаб мехалда сах-саламатго чӏарабгицин гӏеларищ гьеб рогӏоро?\nНижеца хӏаракат бахъулеб букӏана зама-заманалдасан гьеб лъел суал хӏакимзабазухъе щвезабизе. Гьедин 2010 соналда хӏукуматалъул кумекалдалъун бахъана «Гьамущи-Харахьи» абураб проект. Амма гьелда рекъон, Шотода бугеб иццалдасан лъим чвахана Гьамущибе. Херехьин абуни цӏидасан нухда хутӏана. Лъаларо, Харахьибе лъим бахъиялда хурхунги цо къадаралъ гьабураб хӏалтӏи бугилан бицуна. Амма чӏванкъотӏун щибниги абизе кӏоларо.\nДоб мехалда проектировщиказ абулеб букӏана гьаб лъел бетӏерги ракьул гъварилъуда гурила бугеб, гӏицӏго ракьул цо гъаталъ гъоркьехун бугеб бакӏалдаса бачӏунеб лъим бугилан. Нужеца 20 соналдасан цоги бакӏаллдаса лъим бахъизе гӏамал гьабеян. Гьедин дагь-дагьккун гьеб лъим тӏеренлъизеги байбихьана. Доб мехалда лъураб рогӏоро цӏолеб лъим жанисан чвахулеб гьечӏо гьениб. Тӏадежоялъе заман баялъ басралъунги буго гьеб. Бакӏ-бакӏалдасан бихъ-бихъараб гьениса лъимги гӏадада гӏодобе чвахулеб буго.\nГьединаб ахӏвал-хӏалалде ккараб мехалда рукӏине хасал резервуарал хӏажат руго росдае.\nГьединабго хӏал Харахьи лъугьун букӏана 1970-абилел соназул ахиаралдаги. Доб мехалда Мочӏохъан чвахулеб букӏараб умумузул иццдаса лъим къотӏун букӏана. Сапигуллагь абун росдал дибир вукӏана, мунагьал чураяв. Гьес Гӏисал иццда абураб бакӏалдаса тӏадехун баккараб лъим рехун букӏана Жалакьуриса лъим бачарал рогӏраздасан умумузул иццул бетӏералде. Тӏаде лъим щвезегӏан кӏудияб кумек ккана гьелъул. Гьанжеги хӏажат бугоан нижее гьединабго кумек — «Гьамущи-Харахьи» ва «Мочӏохъ-Харахьи» абун лъел рогӏрал лъезе. Нижее бокьун буго исана гӏадаб балагь-базар ккеларедухъ гьанже Харахьибе лъим Мочӏохъа эхебе бачине, хасало гьелдаса пайда босизе. Риидалил заманалда пайда босизе гьадаб нижерго Парси магӏардаса бачараб рогӏороги тун. Гьеб суал дандбазе мачӏхъадерихъе инеги бокьун буго нижее.\n— Миллияб проект буго гурищ «Бацӏцӏадаб лъим» абун. Гьелда гъорлъе ккезабизе бегьуларебищ гьеб суал?\n— Росдал администрациялъул нухмалъулесдаса байбихьун районалъул бетӏерас гьабизе ккелаха гьеб хӏалтӏи, дида лъаларелъул кинал документал гьелъие ракӏаризе кколелали.\n— Республикаялъул хӏукуматалдаса щиб жаваб дуе щвараб?\n— ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъеги хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновасухъеги хъварал гӏарзаби танаха гъора. Мухӏамад Камиловас цо пуланаб бакӏалде телефоналдеги кӏалъан, лъазабуна доб цебехун бицараб «Гьамущи-Харахьи» рогӏоро бачине гӏарац биччалеб бугилан.\n— Амма кигӏаналъ уяб хабар гьебалиха?\n— Лъаларо, хьул бугоха тӏасаккеялъе бицараб хабар батиларин абураб.\nЦоги гьадинаб жоги буго гъоба. 1978 соналъ гьабураб «Парси-Харахьи» проекталъул багьа букӏана 330 000 гъурущ. Гьанже гьеб гӏарцуде доба бащдаб хӏалтӏицин гьабун бажаруларо. Амма нилъер руго гьединаб ишалда цолъи бихьизабун, гъираялда хӏалтӏуде рахъунел гӏадамал. Киназего къваригӏун бугелъулха лъим.\nДоб мехалъ (1978 сон) кумек къваригӏун бугилан ахӏи байдал, жамагӏатго бахъун бачун букӏараб лъим буго гьеб.\nГьанже ракӏбакъван вукӏуна дун 40 соналъ цебе гьединаб захӏмалъиялда гьабураб хӏаракат гьанже чӏун бихьараб мехалъ.\nГьадаб дица цебехун бицараб Жалакьурисан Харахьибе бачараб лъим букӏана къваригӏараб мехалъ букӏинеянги абун, бацизеги бацун.\nДов Сапигуллагьица, хӏукуматалдаса къечӏого, бащдаб хӏалтӏи жинцаго гьабуниланцин абизе кӏола дида. Турбаби унеб бакӏ букӏана 3 километралъул манзилалда. Гьеб мехалъ дос дида бихьизабуна гьадаб гохӏдасан лъим бахунарила, мун турбабазда хадув вахъайилан. Ралагьана дица гьелги, лъабго къоялъ чӏана бахунищ лъим гьениса тӏадеяли, бахинчӏо, нижер хӏаракатги гӏадада ккана.\nПалхӏасил, хабар халат гьабун щибилеб, суал гьединаб буго. Республикаялъул тӏалъиялъ ниж рехун тунгутӏиялде кӏудияб хьулги буго. Жамагӏаталда бараб жо батани, ахӏи баралъуре рахъине хӏадурал, кутакалда цоцалъ гъункарал лъикӏал гӏадамалги руго нижер.\nP.S. Харахьи росулъ лъугьун бугеб лъел масъалаялде ниж жеги тӏадруссине руго."}
{"slug": "6937-barkula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6937-barkula", "title": "Баркула", "date": "2020-01-23 10:56:02", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьал къоязда 80 сон тӏубана ФСБялъул хӏалхьиялда вугев полковник, контрразведкаялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан, Республикаялъул ФСБялъул Ветераназул советалъул председателасул заместитель, Шамил районалъул Тӏасаколо росулъа Сайпудин Асадулаевас.\nКьучӏав гьалмагъасда, намус-яхӏ цӏикӏкӏарав унго-унгояв магӏаруласда баркула юбилейги тӏаде щвараб Цӏияб сонги. Гьарула гьесие ва хъизамалъе чорхое сахлъи, халатал сонал, парахатаб гӏумру ва рекӏел мурадал тӏурай."}
{"slug": "6938-mashgurav-zhurnalist-kiodo-gavuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6938-mashgurav-zhurnalist-kiodo-gavuna", "title": "Машгьурав журналист кӏодо гьавуна", "date": "2020-01-23 11:04:24", "categories": ["barkiyal"], "text": "РФялъул хӏукуматалъ премия кьуна Алик Гӏабдулхӏамидовасе.\nРоссиялъул прессаялъул къолъун кколеб 13 январалда, РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас батӏи-батӏиял шапакъатал ва премиял кьуна журналистазе.\nЖиндирго хӏалтӏулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъухъ премия кьуна машгьурав журналист Алик Гӏабдулхӏамидовасеги. Нилъер республикаялдаса, улкаялъул хӏукуматалъул рахъалдасан гьединаб шапакъат щварав чиги гьев гурони ккечӏо.\n— Нанотехнологияз ругьунаб, хъвадарулеб къагӏида нахъе цуниги, дун божарав вуго журналистикаялъул жиндирго аслу хисичӏин ва хисизеги гьечӏилан абураб пикруялда. Дида лъала, бакӏалъулал хӏакимзабазе кидаго гуро бокьулеб журналистас кьурал суалазе жавабал кьезе. Амма федералияб централъе нижеца бакӏарулеб информациялъул кӏвар буго. Цӏодорал чагӏи тӏалъиялда ругони, гьез СМИялъул вакилзаби тӏаса квер босун тезе гьечӏо, гьелда дун божаравги вуго, — ян абуна А. Гӏабдулхӏамидовас, Д. Медведевасе шапакъаталъухъ баркалаги кьолаго.\n«Хӏакъикъат» газеталъги баркула ишцоясда гьесие щвараб шапакъат. Хадур гӏемерлъаги, баракат лъеги."}
{"slug": "6939-chedal-giezaburab-gii-bertsin-bikhun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6939-chedal-giezaburab-gii-bertsin-bikhun", "title": "«ЧЕДалъ» гӏезабураб гӏи берцин бихьун", "date": "2020-01-23 11:06:39", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Беларусиялда ракӏалда буго нилъер республикаялдаса гӏи босизе.\nГумбет районалъул Цӏиликь росулъа цо чанго чияс гӏуцӏараб «ЧЕД» абураб КФХялъ бичизе буго гьезие гӏураб къадаралда гӏи. Рехсараб магӏишаталъ гӏезабулеб «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гӏи ккола гьеб. Беларусиялъ босизехъин буго 4000 бетӏер гӏиял.\nЦебеккунги гьенибе 150 бетӏер гӏиял бичун букӏана «ЧЕДалъул» магӏишатчагӏаз. Гьелда цӏакъго ракӏ рекъараб куц буго Беларусиялъул. Хасго гьезда цӏакъ берцин бихьун буго нилъер тайпадулаб гӏиядаса къунцӏараб квас, гьединго тӏабигӏаталъул батӏи-батӏиял шартӏазде гӏи хехго ругьунлъулеб куц.\nГьелъул хӏакъалъулъ дагьаб гӏатӏидго бицине «ЧЕД» КФХялъул вакил нижехъе щвечӏо. Гьединлъидал ракӏалде ккана Дагъистаналъул фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Гӏабурикӏовасул пикру лъазабизе.\nЦогидал регионазда дандеккун, нилъер республикаялда гӏиял багьа учузго бугин бичун босизе бокьарав чиясе, гьебги батизе бегьулин Беларусиялъ нилъехъа гьеб босиялъе ккараб сабабилан бицана Гӏабдурахӏманица.\nКӏиабизе бугони, гьез жидецагоги абухъе, бокьараб бакӏалде кканиги, гьава-бакъалъул шартӏазухъ балагьичӏого, бетӏербахъи гьабун бажарулеб гӏиял тайпа буго нилъер магӏарухъ гӏезабулеб.\n«Амма, дир хӏисабалда, Беларусиялдаса чагӏаз нилъехъа гӏи босиялъул хабар гьедигӏан кӏвар буссинабизе кколеб баян гуро. Къватӏисел пачалихъазде гӏи букӏа, боцӏи букӏа, бичи кӏудияб цебетӏей бугеб жолъун бихьуларо. Жакъа нилъее къваригӏун буго умумузул заманалда букӏараб куцалда хур бекьулел хурухъабиги, ракӏ унтун гӏи-боцӏи гӏезабулел гӏухьбиги рукӏин. Татуяб, тӏагӏамаб, сахаб нигӏмат гӏезабиялде кӏвар буссинабизе хӏажат буго. Тукабазда ричулел кванил нигӏматал гӏемерлъиялъ бер биххизабун буго. Амма квине бегьулеб жо гьениб гьечӏо, загьруябщинаб жо гъорлъе жубан букӏиналъ. Гьелъул пикру гьабуни лъикӏаб букӏинаан, къватӏибе унеб бугеб чамалиго гӏиял бицунел рукӏиналдаса», — ян абуна Гӏ. Гӏабурикӏовас.\nАраб соналда Ираналде баччизе байбихьун букӏана нилъер гьаниса гӏиял гьан. Гьелдалъун нилъерго базаразда гьелъул багьаги бахун букӏана. Амма гьеб заманаялъе, хӏалбихьиялъе тӏамураб гӏадаб гали букӏанин баян гьабуна хадубги Гӏабурикӏовас.\nГьеб даранги гъоркьисаго къотӏизе тана. Нилъерго гӏадамазе гьанги хира гьабун, Ираналде гьеб бичиялъулъ хӏажалъи гьечӏилан информалатаздасан хитӏаб гьабун букӏана ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги."}
{"slug": "6941-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6941-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-01-23 12:37:47", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "«Педагогазе кьола «Лъай кьеялъул отличник» абураб цӏар. Амма, цӏар бугониги, гьабулеб кумек букӏунаро. Лъие хӏажат бугеб гьедигӏанги къимат гьечӏеб цӏар?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:\n— 2009 соналъул микьабилеб октябралда ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб «Педагогиял хӏалтӏухъабазе харжал кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб №345 хӏукмуялда рекъон, «РФялъул мустахӏикъав учитель» ва «ДРялъул мустахӏикъав учитель» абурал цӏаразухъ учителасул окладалде тӏаде жубала микьго процент ва «РФялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъухъ – анцӏго процент.\n«Лъай кьеялъул отличник» абураб цӏаралъухъ кьезе я гӏарац, яги кинабгӏаги бигьалъи гьеб хӏукмуялда бихьизабун гьечӏо. Гьебго заманалда, рес бугони, школалъул директорасул ихтияр букӏуна гьеб цӏаралъухъ учителасе гъирабазабиялъул баллал кьезе.\n«25 соналъ Культураялъул кӏалгӏаялда, библиотекаялда хӏалтӏарал гӏадамазе «За выслугу лет» абун кьолеб гӏарац щолищ ялъуни гьезие бихьизабураб бигьалъиго бугищ? Масала, щай бегьулареб гьезие «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏар кьезе?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Культураялъул министерствоялъул экономикияб отделалъул хӏалтӏухъан Махӏмудова Асиятица ва ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул выплатабазул отделалъул хӏалтӏухъан Жамиля Гӏумаровалъ:\n— Культураялъул хӏалтӏухъабазе, «За выслугу лет» абун, хъулухъалъул окладалде тӏаде (стажалъул хӏисаб гьабун) къого проценталде щвезегӏан гӏарац кьола. Гьединго СССРалъул, РФялъул яги ведомствоялъулаб шапакъат бугони, гьезие «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏарги кьола.\n«Махӏачхъала шагьаралъул лъималазул ахазул педагогиял хӏалтӏухъабазе лъагӏалил ахиралда цохӏо нухалда кьола 30 азарго гъурущ. Лъагӏалица хӏалтӏарав, амма декабралъ хӏалтӏудаса арав, яги хӏалтӏудаса нахъе рехарав, яги декреталде арав чиясе щолищ гьеб гӏарац?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Финансазул министерствоялъул жавабияй хӏалтӏухъан Заира Мухӏамадовалъ:\n— Гьеб ккола ДРялъул хӏукуматалъул № 355-Р хӏукмуялда рекъон, гъирабазабиялъул абун, республикаялъул бюжеталдаса кьолеб гӏарац. Гьеб кьола Махӏачхъала шагьаралъул лъималазул ахазул киналго педагогиял хӏалтӏухъабазе. Республикаялъул цогидал шагьаразул ва районазул лъималазул ахазда гъирабазабиялъе кьолеб гӏарцул къадар батӏияб букӏине ва киналго педагогиял хӏалтӏухъабазе гьеб щвечӏого букӏинеги бегьула. Хӏалтӏудаса арав яги хӏалтӏудаса нахъе рехарав, яги декреталде арав чиясе гьеб гӏарац щоларо.\n«30 соналъ гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏана пачалихъияб хӏалтӏуда, цо нухалъ гурони унтиялъул тӏамачги босичӏо, гьебги цо анкьица. Цониги нухалъ гурони «без содержания» абураб отпускги босичӏо. Гьединал чагӏазе хӏукуматалъул кинабгӏаги бигьалъи букӏунищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул учительзабазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:\n— Букӏунаро. Чӏезабураб графикалда рекъон, черхалъул сахлъи щула гьабиялъул мурадалда, кинавго чи лъагӏалида жанив цо нухалъниги отпускалде витӏизе ккола.\nКӏудияб гӏилла букӏун, хӏалтӏухъанасул тӏалабалда рекъон гурони, хӏалтӏи кьолесул ихтияр букӏунаро гьев отпускалдаса махӏрум гьавизе.\nРФялъул Захӏматалъул кодексалъул № 126 статьяялда рекъон, хӏалтӏухъанасул квералъ хъвараб гӏарзаялда рекъон, щибаб сонилаб мухь кьолеб хӏухьбахъи гӏарцудалъун хисизеги бегьула. Амма хӏалтӏикьолесул ихтияр букӏунаро кӏиго соналъ гурони хӏалтӏухъан отпускалде витӏичӏого тезе.\nОтпуск босичӏого гӏемерал соназ хӏалтӏанин абун я хъулухъчагӏазе, яги хӏалтӏухъабазе хӏукуматалъ гьабулеб кинабгӏаги бигьалъи букӏунаро.\n«Дун ккола «мать-одиночка». Лъимералъ ункъо моцӏ гурони бан гьечӏо. Бокьун буго хӏалтӏуде яхъине. Дица лъимер дирго эбелалда тӏад хъвазе бегьулищ, хъвани, гьелда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ гӏарац бачӏунищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Гуля Мухӏамадовалъ:\n— Лъимер кӏодоэбелалда тӏад хъвазе бегьула ва къайимлъиялъул хъвай-хъвагӏай гьабураб къоялдаса нахъе гьелъие лъимадуе хъулухъ гьабиялъухъ пособие кьола.\nГьанибго абила, бащдаб ставкаялда хӏалтӏулей эбелалъулги ихтияр буго, харж ва лъимадуе хъулухъ гьабиялъухъ гӏарац босизе.\nРесукъал хъизамал разияб хабарлъун рикӏкӏине ккола 1995 соналъул 19 маялда къабул гьабураб «Гражданазе кьолел пачалихъиял пособиязул хӏакъалъулъ» абураб № 81 федералияб законалда хиса-басиял гьари. Гьезда рекъон, 2020 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе ресукъал хъизамазул лъималазе хъулухъ гьабиялъухъ щибаб моцӏалъ пособие кьолеб къагӏида хисизабун буго. Пособие кьезе буго гьабуралдаса нахъе лъимералъ лъабго сон базегӏан. Цебеккун пособие кьолаан гьабуралдаса нахъе лъимералъ лъагӏелгун бащдаб базегӏан, ай кӏиго нухалъ цӏикӏкӏана гьеб пособие кьолеб заман.\nХунзахъ районалъул Гьамущи росдал учительзабаз цӏехолеб буго: «Нижер школалда аскӏоб буго почалъул отделение. Бегьуларищ нижеца, 40 километралъ рикӏкӏад бугеб Хунзахъ редакциялда гьабичӏого, нижерго почалда «Хӏакъикъат» ва «Росдал захӏматчи» газетазе подписка гьабизе? Гьаниб гьабулеб бугони, газетал хъвалезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏинаан».\nГьаб суалалъе жаваб кьуна «Россиялъул почтаялъул» Дагъистаналда бугеб отделениялъул хӏалтӏухъан Муса Мухӏамадовас:\n— Республикаялда тӏадбан унеб буго газет-журналал хъваялъул кампания. Щивав чиясул ихтияр букӏуна республикаялъул бокьараб почалъул отделениялда подписка гьабизе, гьединго подписка гьабизе бегьула Хунзахъ районалъул Гьамущи росдал почалъул отделениялдаги. Хӏасил-калам, Гьамущи росдал почалъул отделениялда подписка гьабиялъе нужее квалквал гьабулеб бугони, ахӏе гьал номеразде: 67-36-07, 67-35-97."}
{"slug": "6942-ibragim-akhimatiov-dir-iznu-bukiinchio-batiiyavl-ul-vukiine", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6942-ibragim-akhimatiov-dir-iznu-bukiinchio-batiiyavl-ul-vukiine", "title": "Ибрагьим АХӏМАТӏОВ: «Дир изну букӏинчӏо батӏиявлъун вукӏине…»", "date": "2020-01-23 13:38:35", "categories": ["insan"], "text": "Жакъа, гӏумруялъул завалалде вахарав машгьурав миллатцоясул дуниял бихьи, гӏумруялде бербалагьи, жакъаселъе гьес кьолеб къимат, метериселде пикраби — цӏалдолезе гьеб рагьи буго гара-чӏвариялъул мурад.\n— Ибрагьим, кинаб пикруялъ жакъа цӏикӏкӏун бакӏ кколеб ботӏролъ?\n«Концерн КЭМЗ» метерисеб къоялъ халкъалъе хӏажатаблъун лъугьинабиялъе ресал ратиялда тӏад ургъула. Заводалъул иш тӏубан кодобе босиялъе васал куцазе, гьезие хӏалбихьи кьезе, гӏолохъаназда цӏикӏкӏун малъизе хӏалтӏулеб буго ракӏ.\nЗахӏмалъабазе къуркьун загӏиплъи биччазе бегьуларо хӏалтӏулъ. Заводалъул жавабчилъи тӏаде кколеб цӏияб гӏел дидасаго рухӏияб рахъалъ бечедаб, гӏамалалъул рахъалъ къвакӏараб ва гӏакълу-лъаялъул рахъалъ бегӏераб букӏине бокьун буго. Дунго аскӏов гьечӏого хутӏани чӏобоголъи, нахъеккей букӏунаредухъ, малъа-хъвай гьабичӏого ракӏ букӏунаро рокъосезеги заводалъул махщелчагӏазеги. Заман буго бигьаяб гуреб. Жакъа рес гьечӏо, цебеккун букӏаралда гӏейгьабун, гӏодоре риччан хӏалтӏизе. Дунялалъул цебетӏеялда рекъон гӏуцӏизе ккола хӏалтӏи, гурони, къуватаб предприятиялъ загӏипаб чӏинтӏизабула.\nДихъа щибниги бажарун батани, лъимал дидаса лъайги бажариги цӏикӏкӏарал рукӏине ккола. Мисалалъе — дида лъаларо магӏарулги гӏурусги гурони мацӏал, лъималазда лъала ингилис, китай мацӏал. Цӏикӏкӏун мацӏал лъарабгӏан хӏалтӏуеги квербакъи буго. Къватӏисел улкабазул партнералгун дандчӏваял, гьезулгун гара-чӏвариял кӏудияв вас Мухӏамадица дидасаги лъикӏ тӏоритӏула. Босе жавабчилъи тӏаде, хӏалтӏеян абула гьезда. Абадиялъ гьезда цеве дун вукӏунарелъул.\n— Щиб захӏмалъараб хӏалтӏул хӏалбихьиялда бищунго?\n— Хъачагъазул кверщаликье улкаялъул бечелъи ккарал 90-абилел сонал. Аза-азар чи хӏалтӏулеб заводги цӏунун, гьел гӏадамазе чадил кесек балагьи — гьеб бигьаяб гуреб иш букӏана.\n— Квер хьвагӏун тезе хиял бижанищ?\n— Бижичӏо. Аслияб масъала букӏана улкаялъго милат гьабичӏого тараб заводалъул буголъи, коллектив щущахъ биххизе течӏого данде бачин. Аллагьас къуват кьуна киналъего.\n— Ибрагьим, бигьаял гурел соназ кӏиго болжалалда Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукӏана мун. Гьезул цоял рищиял Дагъистаналъул тӏадчагӏазул дандечӏейгун рукӏана. Кин бугониги, мун бергьана. Щиб гьелъ дуе кьураб?\n— Доб заманалъул нухмалъулезул хаслъи бихьизабулеб халатаб хабар буго гьеб. Дун гьениве депутатасул значокалъе гӏоло гурев, Дагъистаналъул промышленность цебетӏезабиялъул мурадалда ун вукӏана. Амма гьелъул кӏвар бугев чи нагагьги ватичӏо. Гъизляр районалдаса депутатлъун вугеб мехалъ халкъалъул бищунго хӏажатал масъалаби тӏуразаризе хӏаракат бахъулаан.\n— Захӏматаб ахӏвал-хӏалалда битӏараб жаваб батизе, хӏукму къотӏизе сунца кумек гьабулеб?\n— Сабруялда чиясухъ гӏенеккани, гъваридго ургъани, хӏинкъичӏого жаваб кьуни — мекъи кколаро.\nЗаводалда хурхараб суал бугони, дандбала коллективалъулгун, гьезул пикруялъухъ гӏенеккула. Лъикӏаб коллектив буго нижер, божилъи гьабизе бегьулеб. Мирзабеговас абулаан «Бищун лъикӏав Хъахӏаб рукъалъул хъулухъчиясдаса, бищун загӏипав заводалъул хӏалтӏухъан лъикӏав вуго»,- ян.\n— Сунца ракӏалъе рахӏат кьолеб?\n— Цӏи-цӏияб техникаги лъазабун, гьелда гьабун рагӏалде бахъараб лъикӏаб хӏалтӏуца кьола ракӏалъе рахӏат. Гьеб буго дир бищунго бокьулеб рекӏелгъей, гӏурусалъ абуни — хобби. Цӏияб къайи, алатал лъикӏ гьаризе ругьунлъи — гьеб бигьаго щолеб цебетӏей гуро. Къокъаб заманалда жаниб нижеца гьабулеб тӏадегӏанаб даражаялъул хӏалтӏул гӏажаиблъи гьабула централдаса рачӏарал чӏахӏиял махщелчагӏазцин.\n— Эркенаб заман кин тӏамулеб? Букӏунищ гьеб?\n— Лъедезе бокьула, волейбол, баскетбол хӏала. Шахматал хӏала цо-цо мехалъ рогьинегӏанги.\nБокьула дунго гьавураб, гӏураб ракьалде гӏемер щвезе, сихӏкъотӏиялда тӏабигӏаталъул сасалъухъ гӏенеккизе. Кидаго анищ букӏуна росдал рохьов сверизе, гьелъ чорхой рахӏат кьола, пикраби роцӏуна, ракӏ цӏилъула. Гьеб буго инсанасе чара гьечӏеб хӏухьбахъи. Гьеб буго бищун бокьулеб рекӏелгъей. Сонал анагӏан цӏикӏкӏун цӏалев вуго гӏагараб ракьалъул тӏабигӏаталъ.\n— Кигӏанасеб рескъотӏараб хӏалалде ккедал дуца закон хвезабизе рес бугеб?..\n— Гӏолохъанго хъизан гӏуцӏараб заманалда рукъалъул магӏишат-яшав бечед гьабуларогоян цо-цо бадирчӏваял камичӏо дие. «Дир лъимер ресукълъиялда, ракъиялъ гьорон букӏарабани, дица законги хвезабун, бикъунги рикъзи тӏалаб гьабила. Амма гьабсагӏат гьелде ккараб хӏал гьечӏо..», — ян кьун букӏана жаваб.\nЗаконалдаса кьуризе бегьила дуца хвасар гьавизе кколев чиясул гӏумруялъе хӏинкъи бугони. Батӏияб бакӏалда закон цӏунизе ккола. Автомобиль бачунеб шагьранухалдаса байбихьун закон лъазабизеги цӏунизеги кколин абула дица лъималаздаги. Капитализмалъул производствоялда буго кӏиго закон: цояб — киназего гӏаммаб — улкаялъул, цогидаб — дурго чодаса гъоркье рещтӏине бегьулареб. Гьеб кӏиябго принцип цӏунизе ккола. Закон цӏунизе лъай — гьеб лъикьаниги хӏинкъи гуро, гӏакъиллъи буго. Чияс жиндиего хайиралъе закон хвезабуни, кида-къадги гьеб хайиралдаса цӏикӏкӏараб багьаялъул буголъи хвезабизеги ккола.\n— Ибрагьим, мисаллъун гӏумруялъе щив вукӏарав?\n— Гӏумруялъе мисаллъун вукӏана эмен. Ругьунлъана гьесул хӏалбихьиялдаса, цӏалана гьесул гӏакъиллъиялда. Кӏоченчӏо байбихьул классазда лъаялъул кьучӏ лъурав мугӏалим Кудалиса Исрапил. Хӏалбихьи щвана анцӏго соналъ цадахъ заводалда хӏалтӏарав Гӏабдуразакъ Мирзабеговасдасан.\nНухмалъулесе хӏажалъулеб кьучӏ, дарсал дида цере рукӏана гьитӏинго. Щибаб къойил радал къамартӏго вакӏа-вахарун, мегеж кӏкӏван, лъикӏ ретӏа-къан хӏалтӏуде ине хӏадурулев эмен вихьулаан. Жиде-жидер суалалгун, масъалабигун рачӏарал гӏадамазе гьес жаваб кьолеб къагӏида бихьулаан. Къаси-къаси, ретӏун тӏимгъалгун ракӏарулаан нижер рокъоре хараби, хабар-кӏалалъе. Гьез ракӏалде щвезабулаан цебесеб жидерго гӏумру, рицунаан маргьаби. Телевизорги гьечӏеб заманаялъ гьел цадахъруссеназул рекӏелгъей букӏунаан нижее-лъималазеги. Нижерго дарсазде руссун ругонигицин, чӏахӏиязул гӏакъилаб хабар, инсуца гьезул гьабулеб хӏурмат бихьулаан.\nТӏоцеве заводалда хӏалтӏизе щвараб мехалдаса нахъего батӏи-батӏиял гӏадамал дандчӏвана. Рукӏана загӏипал — мацӏал гьарулел, рукӏана сихӏирал — балъго квекӏен гьабулел, рукӏана къуватал-хӏалбихьизе лъугьунел. Батӏи-батӏияб хӏалалъ загьир гьабулаан къватӏисан рачӏараздехун жидерго бербалагьи. Нилъерго къагӏидаялъ цо-цо хъачӏлъи, пахрулъи бихьизабун, гьел чагӏи чӏезаризе кколебги букӏунаан мех. «Кӏудияб предприятиялъул нухмалъулев вукӏине ккола гӏадатияб гӏамалалъул, къвакӏараб ракӏалъул, бихьинаб хасияталъул чи. Гурони гьесул хӏурматги гьабуларо, хӏалтӏиги лъугьунаро», — гьедин абулаан инсуца.\n— Щиб дуе инсухълъи?\n— Дир кидаго рокьи ва хӏурмат букӏана Дагъистаналдехун, дагъистанияздехун. Гьеб жеги гъваридаб буго магӏарулаздехун. Жиндир инсухълъиялъе ва улкаялъе патриотлъун, пайдаявлъун, хӏажатавлъун, ватӏан цӏунулевлъун вукӏине ккола щивав чи. Гурони, гьев чӏовогояв чи вуго.\nНилъер республикаялъул щибаб миллаталдехун цокӏалаб гьоркьоблъи букӏана дир кидаго. Гьеб лъала заводалъул коллективалда, гъизляралъулазда. Хӏалтӏухъан щиб миллаталъул вугониги, дие батӏалъи гьечӏо. Гьелъие гӏоло гӏуцӏараб букӏана доб гӏемермиллатазулаб партияги. Дагъистаниязул буго пахруяб гӏамал, гьел цоцацаги ккола кир ругониги. Амма хъачагълъи гьезда рекъон гьечӏо, жидерго ракьалда питна, балагьалги рекьун.\nРосдал гӏумруялдаса батӏатӏун бокьуларо. Гьанжесел гӏолохъабазда бичӏчӏуларого букӏуна мугӏрул росулъ магӏишат гӏуцӏиялъул магӏна. Дица лъималазда бицуна, кигӏан рикӏкӏада ругониги, лъол мугӏрулги росу-ракьги нилъер букӏин, росулъ гӏумруялъе ресал лъикӏлъанагӏан, гӏадамазул яшав цебетӏунагӏан, гьелъулъ бутӏа лъурасул къимат борхунеблъи.\n«Щиб дуца гӏумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб», — ин суал бачӏине буго цощинаб къоялъ. Гьелъие жаваб кьезе кколелъул. «Нилъер щивасул кодоб буго умумузул ракь чӏунтизабиялъул яги гьеб чӏухӏизабиялъул кверщел», — ин абула дица васазда, росулъ щиб-щибниги ишалъе кьучӏ лъолаго, гьеб гӏуцӏулаго. Нижер эмен вукӏана хъизаналда жанибги, хъулухъ тӏубазабулаго жамагӏаталда цебеги щибго тӏекъаб, хӏалихьатаб гӏамал гьабичӏев чи. Дир изну букӏинчӏо жакъа вугесдаса батӏиявлъун, росдаде мугъ рехарав тохав чилъун вукӏине."}
{"slug": "6945-khitiabal-ul-tiokil-i-sotsialiyab-getii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6945-khitiabal-ul-tiokil-i-sotsialiyab-getii", "title": "Хитӏабалъул тӏокӏлъи — социалияб гьетӏи", "date": "2020-01-24 06:26:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьанжегӏагар ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас данде гьарун рукӏана пачалихъиял СМИязул бетӏерал редакторал.\nГьениве ахӏун вукӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановги.\n— Гӏумахан, республикаялъул бетӏерас нуж данде гьариялъе гӏилла кинаб букӏараб?\n— РФялъул президент Владимир Путиница санайилго Федералияб Собраниялде гьабулеб Хитӏаб гьоркьоб лъей букӏана гьеб дандчӏваялъул мурад.\nИнформация кодоб бугев чияс дунял квегъизецин рес бугилан абуларищха. Гьединлъидал республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасги бичӏчӏизабулеб букӏана, информация кодоб бугел чагӏи хӏисабалда, журналистаз халкъалъухъе битӏараб пикру щвезабиялъул мурад бугин жиндир.\nХасго Васильевас тӏадчӏей гьабуна миллиял проектазул бициналда. «Мой Дагестан — комфортная городская среда», «Мой Дагестан — моя вода» ва «Мой Дагестан — мои дороги» абурал проектазда рекъон, лъимгун газ рачунел, шагьранухал гӏатӏилъизарулел, социалиял объектал ралел ругелъулха кирго.\nАраб соналда гьабураб хӏалтӏул хӏисаб гьабулаго, Васильевас абуна нилъее гӏицӏал тарихалги статистикаги гурин хӏажат ругел, хӏакъикъияб хӏалтӏи къваригӏун бугилан. Гьебго жо тӏалаб гьабулеб бугила нилъедаса президент Путиницаги.\nГьединго республикаялда чара гьечӏого тӏуразе ккарал суалазда гъорлъ Васильевас рехсолеб букӏана налогал ракӏари цӏикӏкӏинабизе ккейги. Анцӏ-анцӏ соназ балъго гьабун жидеего щолеб хайиргун, бюджеталде кьолел цӏакъго мукъсанал рукӏиндалха.\n— Гьанже улкаялъул хӏукуматалъул бетӏерлъуде налогазул инспекциялъул нухмалъиялда вукӏарав Михаил Мишустинги вачӏун вугелъул.\n— У, жиндирго иш лъалев чи вугилан гьесие лъикӏаб къимат кьуна доб дандчӏваялда Владимир Васильевасги.\nДиегоги бищунго асар гьабуна хъулухъалде ккун чанго къоялдасан Мишустиница РФялъул хӏукумат федералиябгун пенсиязул цӏидасан бюджет хъвазе тӏамунин, гьелъие бихьизабураб заманги гӏицӏго кӏиго анкь гурони гьечӏилан абураб макъалаялъ. Ричча-рихъан тун ругьунал хӏакимзабаздаса иш тӏалаб гьабизе гьединав премьер лъикӏ гурищха?\nЦинги цӏигьабун бюджет гӏуцӏун хадуб ирга щвезе рагӏула президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏаб гӏумруялде бахъинабизе.\nГьеб хитӏабалда гъорлъ ругел кӏвар бугел суалазул цояб «эбелалъул капитал» бугиланги бицана Владимир Васильевас.\nТӏоцебесеб лъимер гьабурал руччабазе гьеб кьезе букӏин кутакалда лъикӏаб пикру гьечӏищха. Хасго нилъер республика лъимал гӏемер гьарулеб регионазда гьоркьобги бугелъул.\nАсар гьабулеб жо буго гьеб гӏарац хвезабизе, цебе гӏадин, лъимералъ лъабго сон базегӏан чӏезе кколел гьечӏолъиги.\nДРялъул бетӏерасул рагӏабазда рекъон, президент Владимир Путиница гӏаммаб куцалда губернаторазулгун пачалихъиял хъулухъазда, закон цӏунулел идарабазда ругел хӏакимзабазул жавабчилъи букӏине ккеялъул бицаниги, гьелъул магӏна буго улкаялъул халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизаби, лъай щвеялъе нухал гӏатӏилъизари, сахлъи щулалъизаби."}
{"slug": "6946-khiarshchul-k-an-rugel-mashinabigi-nukhlul-ragialda-ekhetaral-giadamalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6946-khiarshchul-k-an-rugel-mashinabigi-nukhlul-ragialda-ekhetaral-giadamalgi", "title": "Хӏарщулъ къан ругел машинабиги нухлул рагӏалда эхетарал гӏадамалги", "date": "2020-01-24 08:05:56", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нилъ кинаб гӏасруялда ругониги, бокьараб заман рагьдухъ рещтӏаниги, нухазул суал, ригъарал ругънал кинигин, кидаго хутӏулеб буго аслияблъун. Хашал нухал рукӏин лъугӏулареб бетӏер унти буго бокьараб муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏерасеги.\nБабаюрт мухъалда бугеб Цӏумада районалъул Шава росулъе унеб нух буго гьабсагӏат бихьизе нечараб хӏалалда. 1970 соналдаго бахъараб шагьранух букӏаниги, гьенибе жеги хъил киса гурин тӏолеб, букӏине кколедухъ ва киса-кибего чабахцин бан гьечӏо.\nГрайвералъухъ балагьун салиги, салуда гурхӏун цӏадги чӏечӏо\nХӏарщулъ къан, церехун рорчӏизе ресги гьечӏого ругин гьенисан хьвадулел машинабигиян бицана «Хӏакъикъаталъе» Шаваялда гӏумру гьабун вугев Цӏумада райсобраниялъул депутат Исмагӏил Гъазимухӏамадовас:\n— Бащдаб гӏасругӏанасеб заман аниги, лъабго-ункъо болжал ун буго гьеб нух букӏине кколедухъ къачӏачӏелдаса. Моцӏалъ цебе, декабралъул анцӏабилел къоязда, жамагӏаталъ гӏарацги данде рехун, нижецаго гьабун букӏана гьениб хӏалтӏи.\nРосу бихьулеб бакӏалде щвезегӏан бугеб нухлул цо бутӏа къачӏан букӏана Бабаюрталъул ДЭПалъ (нухал къачӏалеб идара) ахирал соназда. Жидеца тӏаде чабах (грайвер) базе букӏине, гъоркье салиги бан къачӏан тейин, росулъе жанибе щвезегӏан бугеб нухлул гвендахарал бакӏалин абуна гьез нижеда. Бана нижеца гьенибе салиги, батӏи-батӏияб техникаги бачун букӏана гьенибе. Хӏасил щибха ккараб? ДЭПалъ грайверги баччичӏого, тӏаде цӏадги бан, салиги хӏарщуде сверана, машинабиги гьенир къан хутӏана, нижер хӏаракатги гӏадада ккана. Гӏага-шагарго 500 000 гъурущниги букӏана жамагӏаталъ гьенибе бакӏарун. Цо КамАЗ чабхил цӏезе ккани, 13 азарго гъурущ къваригӏуна. Цохӏо техникаялъе хӏажатаб цӏатари босизе харж гьабуна 200 000 гъурущ гӏарац.\n«Безопасные и качественные федеральные дороги» абураб программа хӏалтӏизе лъугьана гъоркьиса республикаялда. Гьелда гъорлъ гӏахьаллъи гьабизе хӏалбихьичӏищ нужецаян гьикъидал, Исмагӏил Гъазимухӏамадовас квер хьвагӏана, гьелда жаниб кӏудияб сиясат бугин хӏалтӏулебиланги абун.\n— Къануналда рекъон балагьани, Шава росдал хъутан бугеб бакӏ ккола, аслияб куцалда, гочинабураб гӏи-боцӏуе бетӏербахъиялъе бихьизабураб бакӏ. Ва гьезул тӏалаб-агъаз гьабулел гӏухьбуз яшав гьабун гурони, тӏубараб росдаего гӏумру тӏамизе изну рагӏуларо гьениб. Гьебги ракӏалде щвезабун, нуж гьаниса тӏуранго нахъе рахъинаризе кколин бичӏчӏизабуна нижеда тӏадчагӏаз. Гьаниса нахъеги гочинарун, гӏумру гьабизе нижее санагӏатаб бакӏ бугищха гьез хӏадурун? Ракӏчӏун абизе кӏола гьечӏилан. Доле Чачаналдаса нахъеги рахъинарун, Гӏавухъ росдал гӏадамал цӏияб бакӏалде гочинариялъул суалцин буго лъагӏалабаз халат бахъунеб, — ан бицана И. Гъазимухӏамадовас.\nБабаюрталъул ДЭПалъ къачӏан буго росу бихьулеб бакӏалде щвезегӏан бугеб нухлул цо бутӏа. Хутӏараб 13 километралда машинаби хьвадун бажарулеб хӏал гьечӏо гьабсагӏат.\nЖамагӏаталъ бакӏарараб гӏарац гӏечӏо нухлуе, ДЭПги буцӏцӏун чӏана\nШава росдал бегавул Хӏажимухӏамадов Гъазимухӏамадица бачӏинахъего байбихьана Бабаюрталъул ДЭПалде гӏайиб гӏунтӏизабизе.\n— Дица гьезда цебего абун букӏана, хасел тӏаде гӏунтӏидал, гӏазугун цӏад халатбахъани, нухазул иш лъугӏулин. Рачӏа хех гьабун, тадбир гьабизе бугин нухал къачӏазе. Киса, гӏинтӏамичӏо! 2017 соналда дирго хӏаракаталдалъун 390 азарго гъурущги бакӏарун къачӏан букӏана нух. 2018 соналъги бакӏарун букӏана 120000 гъурущ. 2019 соналъги бакӏарана 200000-гӏан гъурущ. Дица гьезда абулеб буго гӏарац дица кьелин, баче техникаги, байбихье хӏалтӏудейин. Гьелъухъги гьез гӏинтӏамичӏо. Араб кӏиябго соналда жаниб гьез щибниги хӏалтӏи гьабичӏо росулъе жанибе бугеб нух къачӏаялъе, — ян бицана Гъазимухӏамадица.\nШава хъутаналда гъорлъе унеб буго кинабниги микьго росу. Гӏаммаб куцалда гьениб гӏумру гьабулеб буго 3000-гӏанасеб цӏаракиялъ. Гьениб буго кӏиго школа, чанго ясли-ах, больница ва цогидалги идараби. Микьабго росдал гӏадамал жакъа хутӏун руго нухлул рагӏалда эхетун, къваригӏелалъ Махӏачхъалаялде ва цогидал бакӏазде ине ресги гьечӏого.\nФедералияб шагьранухдаса Шава хъутаналде буго 36 километр. 24-абилеб километралде щвезегӏан къачӏан букӏун буго Бабаюрталъул нухазул идараялъ шагьранухлул цо бутӏа. «Дирги гьезулги къотӏи букӏана 29 километралде щвезегӏан гьезги къачӏан, хутӏараб анкьго километр дицаго къачӏан лъугӏизабизе. Амма гьебги гьез тӏубазабичӏо. Дица балагьараб чабахги буго гъунал гьарун нухде чӏехьон. Хӏарщуца гъанкъараб шагьранухги буго», — ян бицана хадубги Гъазимухӏамад Хӏажимухӏамадовас.\nАмма ДЭП гӏайибалъе мукӏурлъичӏо\nБабаюрт мухъалда бугеб ДЭПалъул нухмалъулесул заместитель Арслангӏали Гӏумаровас инкар гьабичӏо Гъазимухӏамад Хӏажимухӏамадовас жидедасан гӏарз бахъулеб букӏиналде. Нухал хӏакъикъаталдаги чӏунтун ругин абуна гьес. Гӏицӏго гьев разилъичӏо жидеца щибниги хӏалтӏи гьабичӏин ахираб кӏиго соналда жанибилан Шаваялъул бегавулас жидеде гьабураб гӏайиб-гъвелалда.\n— Гьел нухал тӏубан тӏаса квер босун танин нижецаян абураб баяналда дун разилъиларо. Гьаб моцӏрол байбихьуда, январалъул анкьабилеб къоялъги букӏана нижер техника гьениб хӏалтӏулеб. Амма нижер хӏалтӏул лъикӏаб хӏасил кколеб гьечӏо, гьенибе биччалеб гӏарац дагьаб букӏиналъ. Мисалалъе, гъоркьиса гьенибе бихьизабун букӏана 300-400 азарго гъурущ гӏарац. Гьеб гӏарцухъ букӏине кколеб даражаялда нух къачӏан бажаруларо, — ян бицана нухазул идараялъул вакилас.\nКъокъаб хӏасил, Арслангӏали Гӏумаровас бицунелда рекъон, аслияб куцалда гьеб нух къачӏазе ккани, хӏажалъулеб буго гӏисинаб чабах. Гьеб чабхил цӏураб цо КамАЗ машина абуни гӏолеб гьечӏо нухлул цо километралде базецин.\nИсана соналда гьениб лъазабун буго тендер. Гьеб бергьани нух къачӏан лъугӏизабизе кӏвеялде хьулги буго Гӏумаровасул.\nХадубрагӏи\nШавадерилго гӏадин, чӏунтарал нухал ругел росаби гӏемер руго жеги республикаялда. Хасго Цӏунтӏа, Цӏумада ва гьелго гӏадал, рикӏкӏадал ругел районазда гьел гӏузраби анцӏ-анцӏ соназ руго халатрахъунел. Техникаялъцин гуреб, нанотехнологияз щулаго квелъ ккураб гьаб заманалда, нухал къачӏалел гьечӏо. Гьелъие бергьун гӏемерал сурсаталги, бажари бугеб пачалихъ нилъер бугониги.\n«Хӏакъикъат» газеталъ хадубккунги кӏвар кьезе буго гьединал масъалабазде."}
{"slug": "6947-giadluyalde-tsianigi-kantiilin-kkolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6947-giadluyalde-tsianigi-kantiilin-kkolaro", "title": "Гӏадлуялде цӏаниги кантӏилин кколаро", "date": "2020-01-24 10:17:03", "categories": ["obshestvo"], "text": "2019 соналда 13000 хӏаким тамихӏалде цӏан вуго республикаялда. 2018 соналде дандеккун, 3000 чиясдалъун цӏикӏкӏанин гьеб сияхӏин абураб баян кьуна республикаялъул прокурор Алексей Ежовас информалатазе.\nГьеб гуребги, прокуратураялъухъа бажарун буго хӏалтӏухъабазе кьезе кколеб букӏараб 80 млн гъурщил налъи лъугӏизабизеги.\n13000 хӏакимасе гӏадлу гьабун батани, кӏудияб къагӏида ккун бугилан абила газета цӏалулез. Амма щибха гьелъ кьураб?\nХутӏарал хӏакимзаби, гьеб дарсги бичӏчӏун, лъикӏ хӏалтӏизейищ лъугьарал?\nГьеб щакаб иш бугин бицана «Хӏакъикъаталъе» жамгӏияв хӏаракатчи Гӏисалмухӏамад Набиевас:\n«10 ватаниги, 13000 ватаниги, хӏаким гӏадлуялде цӏанин абураб жоялъ хисизе жо бихьуларо дида. Тӏоцебесеб иргаялда абуни, бичӏчӏулеб гьечӏо гӏадлуялде цӏан ругин абураб жоялъул магӏна. Гӏакӏайищ гьезде къотӏараб, жамагӏаталъул хӏалтӏудейищ ритӏарал яги жанирищ тӏамурал?\nКӏиабизе, гьаб жанисеб система хисичӏого, цониги хӏакимги кантӏизе гьечӏо. Киналго гьел руго чванта киндай бечед гьабилаян пикруялда», — ян абуна жамгӏияв хӏаракатчияс.\nГьелдаго релълъараб пикру буго «Черновик» газеталъул политикияв обозреватель Мухӏамад Мухӏамадовасулги:\n«Чамалиго хӏаким тамихӏалде цӏанин абураб хабар цо макъалаялъул бетӏер берцинлъиялъул мурадалда къватӏибе кьей гурони, гьелъ гьабин абун кьезе цӏияб жо дида бихьулеб гьечӏо. Тамихӏги букӏуна батӏи-батӏияб. Чӏванкъотӏун бичӏчӏулеб гьечӏо кинаб тамихӏ гьезие гьабурабали. Гьединго цониги гӏайиб ккарав хӏакимчиясул цӏарги рехсон гьечӏо гьениб. Цогидал хӏакимзабазе дарслъун букӏинищ гьебилан гьикъани, букӏинин абизе кӏоларо»."}
{"slug": "6948-tiagiamabgi-regunebgi-gan-bokani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6948-tiagiamabgi-regunebgi-gan-bokani", "title": "Тӏагӏамабги регьунебги гьан бокьани…", "date": "2020-01-24 10:40:21", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда ниж щвана Ленинкент поселокалде. Гьенибе сапар бухьиналъул мурадги букӏана поселокалъул ветеринарияб участкаялъул фельдшер, Чӏарада районалъул Нукъуш росулъа Гӏабдулагь Гӏабдулаевасулгун накъит гьаби.\n1980 соналда росдал магӏишаталъул институталъул зооинженерияб факультетги лъугӏизабун, Гӏабдулагь хӏалтӏана Астраханалда, Гъизляр районалъул Урицкиясул цӏаралда бугеб совхозалда. 2000 соналдаса нахъе гӏумру гьабун вуго Ленинкенталда.\n— Гӏабдулагь, щиб хъулухъ тӏубалеб нужер участкаялъ?\n— Нижер участкаялъул ветврачасулги дирги аслияб хӏалтӏи ккола гӏадамазул боцӏуе ветеринарияб хъулухъ гьаби, гьел унтабаздаса цӏуни.\nАмма, ахираб заманалда, поселокалда боцӏи дагьлъулеб буго. Дир пикруялда, гӏадамазул ракӏбуссун буго росдал магӏишаталъул хӏалтӏудаса. Гьабсагӏаталда гьаниб буго азаргогӏанасеб бетӏер чӏегӏербоцӏул. Дагьал церегӏан соназцин букӏана къватӏибе гъолеб боцӏул лъабго рехьед, гӏемерал рукӏана гӏи-цӏцӏани, гьабсагӏаталда гьел гьезего гьечӏо.\n— Аслиял унтаби кинал дандчӏвалел гьезда гьоркьор боцӏуе ва инсанасе хӏинкъи бугел?\n— Риидалил заманалда тӏибитӏула харил унти. Гьаб заманалда гӏемераб боцӏи холеб буго авлахъалда пластикалъул къучӏби кванан, гьеб балагьалде данде гьабизе кӏолеб жоги гьечӏо. Хӏинкъи бугел, захӏматал унтаби гьанир гьечӏо – нижеца жидер заманалда бахъула би, халгьабула киналъухъго ва, нагагьлъун унтаби загьирлъани, тӏагӏинабула унтараб боцӏи. Гьединал унтабаз унтичӏого рукӏиналъе цереккунго гьарула тадбирал (вакцинация) – гьелъие дарабиги пачалихъалъ чӏезарула чӏорого.\n— Аслияб хӏалтӏудаго цадахъ дуца хьихьулел руго гӏанкӏал. Боцӏуде, гӏияде ругьунав мун гьел хьихьизе лъугьиналъе гӏилла щиб ккараб?\n— Мадугьалас кьун букӏана дие кӏиго гӏанкӏ. Захӏматго унтарав дирго васасе мадар лъугьана гьезул гьан, кьураб заманалда. Гьелдаса нахъе хиял ккана гьел хьихьизе. Гьабсагӏаталда гьезул 200-гӏанасеб бетӏер буго.\n— Кигӏан кӏалцӏи-хер лъагӏалие къваригӏунеб, кин дуца гьеб хӏадурулеб?\n— Дирго букӏарабани гьеб хӏадуризе рес, лъикӏаб букӏинаан, дие гьеб гӏемерго учузгоги чӏелаан, амма гьединаб рес гьечӏолъиялъ кинабго босизе ккола. Лъагӏалие хӏажалъула харил 200-гӏанасеб танг.\nКӏудияб гӏанкӏие мехелалъе къваригӏуна 100 грамм кӏалцӏул, гьитӏиналъе — 20-50 грамм.\n— Щибха дуца гьезда гьабулеб?\n— Гьел ричизе базаралде арав чиги дун гуро, хӏалтӏизарула рукъалъеги, гьанире рачӏун гӏадамазги уна росун. Гьезул гьанги бичула 400-450 гъурщиде кило хӏисаб гьабун, базаралда гьелъул багьа бахуна 600 гъурщиде.\n— Советияб заманалда цӏакъ къиматалда букӏараб къехьалъул бугищ тӏалабго?\n— Доб заманалда цохӏо гьелъул кумекалдалъун тӏубалаан кӏалцӏи-хералъул суал, бихьизабураб къадар гьезул кьуни, щолаан къанагӏатаб импорталъулаб къайи. Гьабсагӏаталда гьелъул кинабгӏаги тӏалаб гьечӏо.\n— Гьел гӏемер унтулищ?\n— Унтичӏого рукӏиналъе гьаризе ккола гьадинал дараби – гьекъезе кьолеб лъел литралде гъорлъе тӏезе ккола кӏиго миллилитр щуго проценталъул йодалъул, гьедин гьабизе ккола моцӏида жаниб лъабго къоялъ, тӏатӏалаго. Гьезие чара гьечӏого къваригӏуна рацӏцӏалъиги.\n— Бихьулеб захӏматги, тӏад унеб харжги, гьел ричун щвараб хайирги данде босани, гьабизе бегьулеб, пайдаяб хӏалтӏи бугищ гьеб?\n— Мисалалъе, мехелалда жаниб гьаб хӏалтӏуда тӏад дир уна кӏиго сагӏатгӏанасеб заман. Цӏикӏкӏараб харж тӏад унеб ишги гьаб гуро. Гьаб буго пенсиялде арав, жиндирго мина бугев чияс гьабизе бегьулеб, рекъараб хайирги кьолеб хӏалтӏи.\n— Дур вуго лъабго вас. Дуца гӏуцӏараб магӏишат гьез кодобего босиладай?\n— Дие кумек гьабула гьез, амма мухӏканго лъала гьаб хӏалтӏи гьез гьабизе гьечӏеблъи.\n— Ракӏалда бугищ магӏишат гӏатӏид гьабизего?\n— Буго. Гӏагараб заманалда цо-кӏиго лъикӏаб, тайпадулаб бихьинаб гӏанкӏ босизе ине вуго Богатыревкаялде, гьенир ругин рагӏана дида гьел ричулел.\nГьезул багьа-къадаралъул бицани, лъабазарго гъурщиде щвезе бегьула. Базаралда гьел ричулел рукӏуна анлъазарго гъурщидеги."}
{"slug": "6949-ruchchabazul-g-ansito", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6949-ruchchabazul-g-ansito", "title": "Руччабазул «гъансито»", "date": "2020-01-24 10:45:30", "categories": ["history"], "text": "Магӏишат гьабизеги захӏматаб, лъималазе тарбия кьеялдеги бищунго кӏвар кьезе хӏажатаб гьаб заманалда Дагъистаналъул руччабазе мугъ чӏвалеб бакӏлъун лъугьана руччабазул «Муслимат» абураб исламияб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул аслияб масъалаги ккола бачӏунеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьолел руччаби-улбул куцай.\nГьеб гӏуцӏиялъул нухмалъулей Хадижат Шихгӏалиевалъ кидаго абула: «Эбел гьечӏони, гьечӏо я бахӏарчи я шагӏир», — ан. Унго-унгоги эбелалъ кьолеб тарбиялда бараб батула лъимадул хадусеб гӏумру.\nРукӏинесел улбул ва лъудби куцалеб «Рухӏияб берцинлъиялъул школа» гӏуцӏаралдасаги исана 15 сон тӏубалеб буго. Исламияб лъаялде тӏадеги гӏолохъанал ясазда гьениб малъула гӏадамазда гьоркьор хьвада-чӏвадизе кколеб куц, ругьун гьарула батӏи-батӏиял махщелазе, малъула хъизан-рукъ данде бачине кколеб къагӏида.\n2010 соналда гьенибго рагьана исламияб лъай кьолеб «Аманат» абураб лъималазул центрги. «Муслиматалда» Къуръан рекӏехъе лъазабиялъул мурадалда кьола дарсалги. Щибаб соналъ тӏоритӏула шайих Сагӏид-афанди ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда Къуръан рекӏехъе лъалел ясазда гьоркьоб къецги. Гьенир гӏахьаллъизе ва гьоболлъухъ рачӏуна нилъер улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса диниял хӏаракатчагӏи. «Рухӏияб берцинлъиялъул школалъул» цӏалдохъабаз ва хӏафизаз гӏахьаллъи гьабула республикаялъул ва гьеб тун къватӏирехун тӏоритӏулел Къуръан цӏалиялъул, как битӏун баялъул, хирияв Мухӏаммад аварагасул гӏумру лъазабиялъул рахъалъ тӏоритӏулел къецазулъги.\n«Муслиматалъул» насихӏатчагӏи\nва кумекчагӏи\n25 соналъ Аллагьасе гӏоло гьабулеб жамгӏияб хӏалтӏул бицунаго Хадижатица ракӏалде щвезарула байбихьудасаго нахъе цадахъ рукӏарал диналъул яцал: Курашова Патӏимат, Хӏамзатова Рукъият, Гъайирбегова Машидат, Идармачева Тӏавус, Гӏаливалиева Кавсарат, Къурбанова Гьапи, Мирзаева Зубаржат, Хӏайбулаева Патӏимат, Къурбанова Суайбат, Гӏабдулаева Аминат, Исхӏакъова Майсарат, Ибрагьимова Умагьани, Расулова Патӏимат, Абакарова Зульгия, Хӏусенова Умагьани, Гӏабдурахӏимова Забия, Ражабова Нурулгьуда, Султанбегова Хъистаман, Мухӏамадова Хӏабибат, Абакарова Шанисат, Къурбангӏалиева Патӏимат ва гӏемерал цогидалги. Гьезул цо-цоял жакъа нилъеда гьоркьор гьечӏо.\n«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏалтӏи байбихьулелъул кӏудияб квербакъи ва кверчӏвай гьабуна Дагъистаналъул рухӏиял церехъабаз ва ресалда ругел гӏадамаз. «Муслиматалъул» руччабазул хӏалтӏуде гъира цӏикӏкӏана Чӏикӏаса Сагӏид-афандил баракаталдалъун. Байбихьудаса нахъе гьес малъа-хъваял гьарулаан руччабазе ва гьез гьарулел лъикӏал байбихьияздасаги разилъи бихьизабулаан.\n«Биччанте «Муслиматалъул» нуцӏбиги, нужер ракӏалго гӏадин, киназего рагьараллъун рукӏине. Биччанте гьеб божулезеги, къосун кколезеги, щакдарулезеги, амма гьебго заманалда хӏакъикъат балагьулезеги битӏараб нух бихьизабулеб бакӏлъун букӏине. Нужеца хӏеренго ва сабурго, руччабазул къагӏидаялъ бихьизабе гьезда исламалъул, нилъер гьайбатаб диналъул киналго тӏокӏлъаби. Кумек гьабе гьезие щибго чӏамучӏлъиларедухъ, щайгурелъул Къуръаналда бугелъул: «Диналъулъ хӏал гьаби гьечӏо», — ян, малъулаан Сагӏид-афандияс «Муслиматалъул» руччабазда.\n«Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан»\n25 соналда жаниб «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялде гӏемерал руччаби хьвадана динияб ва дунявияб рахъалъ кумек гьарун. Батӏи-батӏиял захӏмалъабазде ккарал, батӏи-батӏиял къисматалъул руччаби рачӏунаан гьенире. Гьениб рухӏияб ва динияб рахъалъ гӏемер кумек гьабулаан батӏияб диналда рукӏарал бусурбан дин босарал руччабазеги.\n«Муслимат» гӏуцӏун хадубги чанго соналъ гьезул букӏинчӏо жидерго бетӏергьанлъиялда бугеб мина, чанго бакӏ хисизе ккана. Гьел захӏматал къоязда «Муслиматалъул» руччаби ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи данделъулаан Гьапи Къурбановалъул минаялъур. Гьезул хъизамалъулъ цоцазде бугеб гьуинлъиги, гьалбадеридехун гьабулеб адаб-хӏурматги, исламалъул нухда бугеб квербиччайги бихьун, гьезда рухӏдаллъулаан «Муслиматалъул» руччаби. Гьабсагӏаталда руччабазул жамгӏияб гӏуцӏи жаниб хӏалтӏулеб минаги Хархаровазул хъизамалъ кьураб буго. Хадижат Шихгӏалиевалъ жийго бетӏергьанаб минаги «Муслиматалъе» васият гьабун буго.\n«Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан», — абун «Муслиматалъул» минаялъул къадада хъвараб, свалат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул хӏадис буго бусурбабазул руччабазул рухӏияб централъул хӏалтӏул аслияб ахӏилъун. 25 соналда жаниб щибаб хамиз сордоялъ салават битӏи, рабигӏул аввал моцӏалъ мавлидал ахӏи, анкьго сон баралдаса нахъе 70 сон базегӏан ригьалда ругел руччабазегун ясазда как базе, Къуръан цӏализе ва диналъул аслиял къанунал малъи гуребги, «Муслиматалъ» гӏахьаллъи гьабула рухӏияб рахъалъ республикаялъул гӏаммал суалал тӏураялъулъги.\nЧӏужугӏадан-эбелалда хъатӏичӏого хутӏуларо жамгӏияталда кколел лъугьа-бахъинал, щайгурелъул, щивав бахӏарчиясулги щивав такъсирчиясулги йигелъул эбел. Гьелъ кьураб тарбиялда бараб букӏуна гӏемерисеб мехалда инсанасул къисматги жамгӏияталда гьоркьоб гьес кколеб бакӏги. Гьединлъидал, руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ гӏемерал соназда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго чӏужугӏадан-эбел рухӏияб рахъалъ куцаялде ва динияб лъай кьеялде.\nГьеб кири цӏикӏкӏараб жамгӏияб хӏалтӏуде гӏемерал руччаби ахӏана «Муслиматалъул» хиси гьечӏей председатель Хадижат Шихгӏалиевалъ. Гьелъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб буго «Муслимат» тӏегьаялъе къуват кьурал ва киналниги тадбиразулъ гӏахьаллъи гьабулел жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакилзаби: Мадина Керимовалъе, Патӏимат Мухӏамадовалъе, Камалат Амаевалъе, Хасибат Жамаловалъе, Фарида Ибрагьимовалъе, Гӏайшат Ахӏматӏиловалъе, Умузагьра Идрисовалъе, Казбат Хӏамзаловалъе, Марям Мухӏамадовалъе, Хадижат Ажубовалъе, Хадижат Бахтановалъе, Луиза Асхӏабовалъе, Эльмира Ибрагьимовалъе, Айбике Мухӏамадовалъе, Хадижат Ахъбердиловалъе ва цогидазеги."}
{"slug": "6950-tsiiyab-kalendar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6950-tsiiyab-kalendar", "title": "Цӏияб календарь", "date": "2020-01-24 10:55:14", "categories": ["history"], "text": "«Муслимат» гӏуцӏиялъ, магӏарул ва гӏурус мацӏазда, лъагӏалида жаниб кӏиго нухалда къватӏибе биччала руччабазул исламияб календарьги.\nГьенир ратула руччабазе пайдаял диналда хурхарал суалазе жавабал, исламалъул берцинлъигун гьайбатлъиялъул, хьвада-чӏвадиялъул къагӏидабазул, хирияв Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в), гьесул асхӏабзабазул, гӏалимзабазул, диниял церехъаби-руччабазул хӏакъалъулъ бицарал баянал. Гьединго гьелда руго богогьанлъиялъул ва халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги.\nЩибаб къоялда рекъон лъун буго щуябго какил гӏужги, моцӏ цӏилъулеб заманги."}
{"slug": "6951-kiigo-otdeleniegi-ragize-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6951-kiigo-otdeleniegi-ragize-bugo", "title": "Кӏиго отделениеги рагьизе буго", "date": "2020-01-24 10:58:10", "categories": ["med"], "text": "15 январалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана №2 республикаялъул клиникияб больницаялъул (РКБ) бетӏерав тохтур Ибрагьим Мухӏамадовасулгун дандчӏвай. Гьес бицана №2 РКБялда гьарурал хиса-басиязул хӏакъалъулъ.\n«Ахираб заманалда улкаялъулги республикаялъулги нухмалъиялъ кӏвар буссинабулеб буго халкъалъул сахлъи цӏуниялде. Масала, гьабсагӏаталда улкаялъул ФАПаздаса байбихьун больницабазде ва медицинаялъул центразде гӏунтӏун халгьабулеб буго материалияб рахъалъ гьел кин хьезарун ругелали, больницабазулгун ФАПазул минаби басралъун ругищали, тохтурзабазул рахъалъ къварилъи бугищали.\nКӏудияб рохеллъун ккана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасулги ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасулги квербакъиялдалъун гъоркьиса нижер больницаялъе гьабураб кумек. Гьенибе бачӏана тӏадегӏанал технологиязул медицинаялъулаб къайи. Гьанже нижее рес щвана гинекологиялъул, урологиялъул, рекӏел унтаби ругел гӏадамазе Дагъистаналдаго операциял гьаризе. Рагьана гинекологиялъулги, кардиологиялъулги, геронтологиялъулги отделениял. Азаргоялдаса цӏикӏкӏун операцияги гьабуна гъоркьиса.\nИсана ракӏалда буго геронтологиялъул цоги отделение рагьизе. Гьелде тӏадеги бокьун буго химиотерапиялъул отделениеги рагьизе», — ян бицана И. Мухӏамадовас.\nГьес жавабал кьуна журналистазул суалазеги.\n— Чанго соналъ цебе ахӏи бахъун букӏана улкаялда, гьелдаго цадахъ Дагъистаналдаги, гьересиял дараби гӏемерлъун ругин абун. Кинаб хӏал бугеб жакъа?\n— Доб заманалда гӏемерисел дараби рачӏунаан къватӏисел улкабаздаса. Гьабсагӏаталда дарабазул 80 процент хӏадурула Россиялдаго – гьезде дир божилъиги цӏикӏкӏараб буго. Гьересиял дарабазе нух къан бугин абуни, мекъи ккеларо.\n— Социалиял гьиназдасан бицунеб буго поликлиникабазда тӏадкъан бугин пациентазул анкетаби ракӏареян абун. Гьеб анкетаялда гъулбасарав чи захӏматаб хӏалалда больницаялде ккани, гьесул ихтияр бугинги абун, унтарасул лугбал рахъулила, цоги чиясда лъеялъул мурадалда. Дуца щиб абилеб гьелда бан?\n— Дагъистаналда гьечӏо трансплантациялъулаб медицина. Унтарасул яги гьесул цебесеб гӏагарлъиялъул ихтияр гьечӏого лугбал нахъе къотӏизе гьукъун буго законалъги. Лугбалги рахъула, унтарасул гӏадалнах хӏалтӏуларого бугеб мехалда. Цогидал лугбал (ракӏ, ургьисалаби, тӏул ва гь.ц.) хӏалтӏизарун рукӏуна медицинаялъул аппаратазул кумекалдалъун. Унтарас яги гӏагарлъиялъ изну кьун бугони, аппаратаздаса ватӏагьавулеб мехалда рахъизе бегьула гьесул сахал, ай жагъаллъичӏел лугбал."}
{"slug": "6952-ganzhegi-l-im-sababl-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6952-ganzhegi-l-im-sababl-un", "title": "Гьанжеги лъим сабаблъун…", "date": "2020-01-24 11:15:04", "categories": ["med"], "text": "Гьал къоязда чехь-бакьазул унтигун ва цӏа-кан бахун Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялде ккана 102 чи, гьездаго гьоркьоб 50 лъимерги. Унтаразул «чехь-бакьазул инфекция» (ОКИ) букӏин чӏезабуна.\nГӏадамал унтиялъе гӏиллаги ккола чорокаб лъим гьекъей. Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул экспертаз ва ДРялъул Цӏех-рехалъулаб комитеталъул хӏалтӏухъабаз гьеб лъугьа-бахъиналъухъ халгьабулебги буго.\nГъизляр шагьаралда, чорокаб лъим сабаблъун, чехь-бакьалъул унти лъугьун гӏадамазул сахлъиялъе зарал гьабиялъул хӏужаялда бан, «гьарулел хъулухъазулъ гӏадамазул сахлъиялъе яги гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиялъул тӏалабал цӏунизе кӏунгутӏи» абураб статьяялда рекъон, уголовнияб делоги рагьана.\nДагъистаналда лъим сабаблъун гӏадамал унтиялъул хӏужаби тӏоцебесеб нухалда гуро кколел ругел. Гъоркьисаги, гьадинабго заманалда, ай цӏияб соналъул байрамалдаса хадуб чехь-бакь унтун больницаялде ккун вукӏана Казбек районалъул Ленинаул росулъа 77 чи.\nКидаго гӏадин гӏайиб буго гӏадамазда\nГьеб лъугьа-бахъиналда бан ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасул нухмалъиялда гъоркь Гъизляр шагьаралда тӏобитӏана данделъи. Гьениб ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас бицана унтаразухъ халгьабизе ва гьеб лъим хӏалтӏизабулел минабазда кинаб ахӏвал-хӏал бугебали балагьизе тохтурзабазулгун фельдшеразул 16 бригада ахӏун бугин.\nДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр дандчӏвана Гъизляр шагьаралъул бетӏер Александр Шуваловгун ва дандрана халкъалъе гьабизе кколеб кумекалъул хӏакъалъулъ суалал.\nГъизляр шагьаралъул централияб больницаялъул бетӏерав тохтур Станислав Обловас бицана чехь-бакь унтун рачӏаразул гӏемерисез гӏумру гьабулеб бугин, дагьаб цебегӏан бихъараб лъим унеб трубаялда аскӏоб. Чехь-бакьазул унти багъари бухьинабулеб буго гӏадамаз гьализабичӏеб лъим гьекъеялда.\n«Лъел труба кьвагьараб бакӏалда аскӏор гӏумру гьабун ругел гӏадамаз ихтияр гьечӏого рачун ратана канализациялъул мухъал. Гӏадамаз хӏалтӏизабулеб лъелъе инфекцияги гьеб труба кьватӏиялдалъун ккун батизе рес буго», — ян бицана шагьаралъул мэрас.\nРоспотребнадзоралъул баянал\nГъизляралда ккараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ цӏехон, ниж щвана Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялде.\nГьеб идараялъул баяназда рекъон, эпидемия байбихьун буго 2020 соналъул анлъабилеб январалдаго.\n— Гъизляралъул ЦГБялде ккарал гӏадамазул бактериологияб ва вирусологияб цӏех-рех гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ нижеца лъазабулеб буго чехь-бакьазул инфекцияздаса цӏуниялъе гӏоло рацӏцӏалъиялъул къагӏидаби цӏунеян. Гьализабураб яги шушбузухъ бичулеб лъим гурони гьекъоге, кваналелде цере овощал ва пихъ чуре, — ян бицана Роспотребнадзоралъул управлениялда."}
{"slug": "6963-yurij-chajka-skfoyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6963-yurij-chajka-skfoyalda", "title": "Юрий Чайка — СКФОялда", "date": "2020-01-27 06:27:02", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул Генералияв прокурорлъун вукӏарав Юрий Чайка Северияб Кавказалъул Федералияб округалда РФялъул президентасул вакиллъун тӏамуна.\nГьесде щвезегӏан гьенив вукӏарав Александр Матовников тӏамуна лъелал аскаразул бетӏерав нухмалъулесул заместительлъун.\nЮрий Чайкал цӏияб хъулухъалъул «Хӏакъикъаталъе» бицунаго, политолог Ханжан Къурбановас рехсана РФялъул цӏияб хӏукуматалда гъорлъ Северияб Кавказалъул ишазул министерство гӏуцӏун гьечӏолъи.\nХадубги гьес абуна: «Дир пикруялда, хадубккун букӏинарин ккола Кавказалда президентасул официалияв вакил толеб къагӏидаги. Кавказалъ жиндирго жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъул цӏияб тӏамач рагьилин ккола кватӏичӏого.\nХас гьабун Дагъистаналъе Чайкал хъулухъалъ кьезесеб пайдаялда гъорлъ дида бихьула ришватчилъиялда данде гьабулеб къеркьеялъул тадбирал. Ай, жеги чанги хӏаким вачун ине рес буго нилъер гьаниса».\nМустахӏикъаб хӏалхьиялъул бакӏалда Чайкае бигьаяб хъулухъ кьунин Путиница СКФОялдеги витӏунин абулел эксперталги руго.\nЮрий Чайкада цеве вукӏарав Александр Матовников гьанжелъагӏан гьеб хъулухъалда рукӏарал Путинил вакилзабазда гьоркьов бищунго мисалияв вукӏаниланги тӏаде жубалеб буго гьез.\nБокьараб суалгун тӏаде ани, адабалда тӏадеги къабул гьавун, чиясухъ гӏенеккизе гьунар букӏанила гьесул.\nЖивго Чайка цӏияб хъулухъалдаса цӏакъ разиго вуго. Путинилгун букӏараб дандчӏваялда гьес абуна жиндир кӏудаэменги вукӏун вугин гьенив хъулухъ гьабулев, гьанже жиндаги Кавказалъул цӏияв сардарилан абизе бегьулилан."}
{"slug": "6964-dadil-giork-salman-dadaevasukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6964-dadil-giork-salman-dadaevasukh", "title": "Дадил гӏоркь — Салман Дадаевасухъ", "date": "2020-01-27 08:01:20", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Арбагӏ къоялъ Махӏачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчӏвана республикаялъул СМИялъул вакилзабигун. Гьенир гӏахьаллъаразда гьоркьор рукӏана миллиял газеталъул нухмалъулелги.\nГӏодове виччарав, жинцаго бицунеб жо мухӏканго дандиясда бичӏчӏизабизе гьунарги гъваридаб лъайги бугев чи вугоан Салман. Гьединлъидал дандчӏвай кутакалда интересаб, рагьараб ва ишалъулаб ккана.\nГӏолохъанав шагьаралъул бетӏерас битӏахъе гъаргъар бан ва ракӏ унтун бицунеб букӏана Махӏачхъалаялъул гьумер хисизабиялда ва гьениб гӏумру гьабулел гӏадамазул рукӏа-рахъиналъулаб даража борхизабиялда сверухъ ахираб заманалда гьабурабги гьабизе ракӏалда бугебги хӏалтӏул, дандчӏвалел захӏмалъабазул, квалквалазул хӏакъалъулъ.\n— Нужедаго лъан букӏине ва данде кквезе, дица лъабго тарих рехсела,- ян абуна С. Дадаевас. — Воронеж шагьаралда гӏумру гьабулеб буго миллионгун лъабкъоялда анцӏазарго чияс. Пермалдаги гӏага-шагарго миллионгун нусазарго чияс. Воронежалъул лъагӏалилаб бюджет бащалъула 12 млрд. гъурщида, Пермалъул — 30 миллиардалда. Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулеб буго 1,5 миллион чияс. Нужер хӏисабалда, нилъер бюджет кигӏаналъ цӏикӏкӏараб букӏине кколеб? Ккола, амма цӏикӏкӏараб гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда, чанго нухалъ дагьаб буго — гӏицӏго 9 миллиард гъурущ буго шагьаралъул лъагӏалил бюджет. Гьеле нужее киналго унтарал суалазе чӏванкъотӏараб жаваб. Гӏарцул мукъсанлъиялъ кӏолеб гьечӏо ракӏалда ругелщинал лъикӏал пикраби-къасдал гӏумруялде рахъинаризе ва шагьаралъул гӏадамазул гӏумру бигьаги цӏиги гьабизе.\nХадуб шагьаралъул бетӏерас бицана араб соналъ налогал ракӏариялъулъ лъикӏаб туркӏи кканилан, жеги таманал суалал бергьенлъиялда тӏуразарунилан, халкъияб магӏишаталъул цониги бутӏаялда хутӏичӏила жиндир яги жиндир командаялъул чагӏазул бер щвечӏеб суал.\nСалман Дадаевас хасаб кӏвар буссинабуна изну кьеялъул кагътаз шагьаралда кинабго жо хвезабун бугилан. Законалде дандекколарел, батӏи-батӏиял нухаздалъун, ресаздалъун ва къагӏидабаздалъун щварал кагътазул кьучӏалда рарал минабазулги, объектазулги, ишазулги хадубккун букӏунеб бугила кӏудияб заралги ботӏрол унтиги. Араб соналъ цониги изну кьеялъулаб кагъат администрациялъ кьечӏила, МВДялъул иргаялда чӏарал чагӏазе мина баялъе гурони.\nГӏемерал суалазе чӏванкъотӏарал жавабал кьуна шагьаралъул мэрас.\nАхиралда шапакъатал, ай Баркалаялъул кагътал кьуна шагьаралъулаб тема цӏикӏкӏун ва профессионалияб къагӏидаялда жидерго газетазда ва сайтазда борхарал газетазе.\nГьезда гьоркьор ругоан «Замана», «Лезги газет» ва «Зори Табасарана».\nБаркалаялъул кагъат щвана, гьединго РГВКялъул «Время новостей. Махачкала» передача бачуней Динара Мусаевалъеги.\nХӏукму ккана гьадинал дандчӏваял кварталалда жанир цо нухалъгӏаги тӏоритӏизе."}
{"slug": "6965-gi-mukhiamadov-parakhatab-bukiana-arab-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6965-gi-mukhiamadov-parakhatab-bukiana-arab-son", "title": "Гӏ. Мухӏамадов: «Парахатаб букӏана араб сон»", "date": "2020-01-27 08:12:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб соналъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазул бицине ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовас 23 январалда жиндихъего ахӏун рукӏана СМИязул бетӏерал редакторал.\n2018 соналде дандеккун, 2019 сон низам цӏунулезул идараялъе парахатаб букӏанин бицана министрас.\nКӏудияб хӏалтӏи гьабунила экономикиял, гьединго изну гьечӏого рокъоб ярагъ цӏуниялда хурхарал такъсирал рагьиялъе.\n2019 соналда тӏатинабун буго гьединаб 1600 хӏужа. Наркотиказда сверунги ахӏвал-хӏал хӏинкъизе ккараб куцалда бугин бицана Гӏабдурашид Мухӏамадовас. Россиялъул чанго регионалда наркотикал тӏиритӏизарулеб батараб кӏудияб къокъа ккун буго гьез.\nМинистрас гӏайиб-гъел гьабуна жидерго пресс-хъулухъалдеги. ДТПялде ккарав ялъуни нухазул къанун хвезабурав шоферас жинда гӏайиб кканилан абурал видеороликал тӏиритӏизари цӏакъ берцин бихьун бугила гьезда. Гьединаб видео бахъизе бегьилин, живго гьев чи разилъаниян абуна Гӏабдурашид Мухӏамадовас. Амма чиясеги бокьичӏого гьев камераялде вахъизе нужер ихтияр гьечӏила. Машина бачунаго рекъечӏеб иш ккунилан гьесул батӏияв чи лъугьунарин, нилъго гӏадинав гӏаданлъун хутӏулин тӏадеги жубана.\nГьединго МВДялда цебе бугеб Жамгӏияб Советалде гъорлъе «Черновик» газеталъул вакилги вачине вугин бицана Гӏабдурашид Мухӏамадовас.\nА. Юсупов"}
{"slug": "6966-dida-mal-arize-ikhtiyar-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6966-dida-mal-arize-ikhtiyar-gechio", "title": "Дида малъаризе ихтияр гьечӏо!", "date": "2020-01-27 08:23:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 январалда Гьудуллъиялъул минаялда тӏобитӏана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъ гӏуцӏараб данделъи. Гьениб бицана улкаялда тӏобитӏулеб социалияб политикаялъул масъалабазул хӏакъалъулъ.\nДанделъиялда гӏахьаллъана РФялъул жамгӏияй хӏаракатчӏужу, Миллияб умумузул комитеталъул председатель Ирина Волынцева. Аслияблъун букӏана «Улкаялъул нухмалъиялъ тӏобитӏулеб политикаялъул хӏасилалда «демографиялъул кӏичӏикьа» рорчӏизе рес бугищ?» абураб суал.\nИрина Волынцевалъ бицаралда рекъон, Россиялъул Пачалихъияб Думаялда къабул гьабизехъин буго «Хъизамалда ва рукӏа-рахъиналда зулму гьабунгутӏиялъул мурадалда тадбирал гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ» абураб законалъул проект. «Гьеб проект къабул гьабуни, нилъер ихтияр хутӏизе гьечӏо лъималазда бадибчӏвай гьабизеги, малъаризеги, лъадул росасги росасул лъадуцаги ракӏбакъвазабизеги. Хъизамалъул чиясул гуребги, мадугьаласул яги къотӏносан унев бокьарав чиясул ихтияр букӏине буго пуланав чияс лъади юхулин, пуланай эбелалъ жиндир лъимадуе зулму гьабулин яги пуланаб хъизамалда лъималаздехун квешаб бербалагьи бугин абун полиициялда яги цогидаб хасаб идараялда лъазабизе. Гьеб мехалда хъизамалъул талихӏаб гӏумруялъе ахир лъеялда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян бицана Ирина Волынцевалъ.\nРехсараб законалъул проект Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда цебе лъун буго 41 нухалъ! Гьеб къабул гьабизе бегьуларин абун, жидерго пикраби загьир гьаруна регионазулги федералиябги Жамгӏиял палатабаз, регионалиял пачалихъиял идарабаз. Инкар гьабиялъе аслияб гӏиллаги буго рехсараб законопроекталъ тӏубанго хъвагӏазе букӏин улкаялда билълъанхъараб хъизамалъул гӏадлу-низамгун хъизамалда тарбия. Законопроекталъул аслияй байрахъулай кколей рагӏула машгьурай журналистка, Думаялъул депутат Оксана Пушкина. Амма, законалъул проекталъулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, депутатаз инкар гьабулеб буго гьеб къабул гьабиялъе. Чанцӏулго инкар гьабуниги, Пушкина нахъего къалей гьечӏо. Щай? Гьеб гӏиллаялъулги цогидалъулги хӏакъалъулъ цӏале «Хӏакъикъаталъул» иргадулаб номералда."}
{"slug": "6967-makasda-kiiabileb-sochi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6967-makasda-kiiabileb-sochi", "title": "Макьасда — кӏиабилеб «Сочи»", "date": "2020-01-27 08:30:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нужеда ракӏалда батила, 2012 соналъ Хунзахъ районалъул Макьасда курорт базе байбихьун букӏана. Чанго нухалъ нахъги бахъун, чӏун хутӏана гьениб гьабулеб букӏараб хӏалтӏи. Гьанже цӏидасанги гьеб проекталде тӏадруссине хӏукму ккана нилъер республикаялъул нухмалъулезул.\n16 январалда гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъиялда премьер-министр Артем Здуновас бицана Макьасда курорт базе бахъун букӏараб проект рехун тун дандекколарин, гьениб тӏубараб соналъ гӏадамаз хӏухьбахъи гьабизе бегьулеб зона базе кколилан.\nТӏоцебе гьениб курорт базе байбихьун букӏана «Северияб Кавказалъул курортал» абураб гӏуцӏиялъул нухмалъиялда вукӏарав Ахӏмад Билаловас. Амма Сочиялда Олимпиадаялъул объектал ралаго риччарал гӏунгутӏабазе гӏоло, Билалов дагь-дагьккун рикӏкӏалъана цин республикаялдаса, хадув тӏуванго Россиялдаса.\nХадур вацал бизнесменал Мухӏамадовалги тӏаделъун рукӏана Макьасда тӏегьараб ахалда релълъараб бакӏ гьабизе. Гьезулги къисмат кин сверарабали нилъеда лъала.\nГьанже «Макьасда» проект цӏигьабилалде жидеца гьенир сверухъ чанги хӏалтӏабиги гьарунин бицана Артем Здуновас 16 январалда букӏараб данделъиялда. Макьасда аскӏоб бугеб Сивухъ росулъе газ бачана, машинадул нухал къачӏана, гьаруна цогидалги хӏалтӏаби.\nМакьасда курорт базехъин бугилан хабар баккарал тӏоцересел соназдаго гьелда дандечӏун букӏана сахъадерил жамагӏат – жидер ракь хвезабулеб бугилан.\nГьаб нухалъ жамагӏаталъул кинаб пикру бугебали лъазе нижеца бухьен ккурав «Возрождение» абураб Сивухъ росдал жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Якъуб Мухӏамадовас бицана: «Доб мехалъ гӏадин тӏубанго дандечӏун гьечӏо жамагӏат. Дандечӏунги щиб гьабилеб, ралагьун нижги тун, рагӏалде бахъинабулелъул хӏакимзабаз жидерго хӏукму. Гӏицӏго нижер мурад буго росдал гӏадаталдеги, шаригӏаталъул хӏукмуялдеги дандекколареб гьава-бакъ жаниб букӏунеб бакӏ гьабугейин Макьасдаян хӏукуматалъул нухмалъулезда бичӏчӏизабизе. Мехтараб умматалъул хъудиги, исламалде дандекколареб чороклъиги, тӏабигӏат пасат гьабулеб хьвада-чӏвадиги гьеб хӏухьбахъиялъул зонаялда букӏине нижее бокьиларо. Нижеца гуребги, бокьарав бусурманчияс къабул гьабиларо жиндаго хьолбохъ гьединаб пасалъи.\nСивухъ росдал жамагӏаталъе бокьун буго росуги цӏунун хутӏулеб, тӏаде рачӏарал гьалбалги разиго хутӏулеб куцалда базе Макьасда курорт.\n— Мигьлъун буго росу тӏубанго. Унел руго гӏадамал гьениса гочун. Официалияб къагӏидаялъ, 45 цӏараки хутӏун буго жакъа Сивухъ. Гьедин иш бугони, школаги къала, яслиги хутӏиларо. Гьеб гьедин ккечӏого хутӏизе рес буго Макьасда этнотуризм цебетӏезабуни. Гьалбадерил рукъзалги рани, музейги рагьани, шаргӏалъул низамалда дандекколел квана-гьекъолел, хӏухьбахъи гьабулел бакӏалги рагьани, квеш ккелароан букӏараб. Росулъ ругел гӏадамазе хӏалтӏиги букӏина, жамагӏатги, хасго гӏолохъабиги разиго хутӏилаан. Биччанте гьениб лыжабазда хъещтӏолеб базаги цогидабги букӏине. Аслияб жо буго умумузул гӏадаталдаса ва шаргӏалда кьуричӏеб тартиб цӏуни»."}
{"slug": "6968-g-izlyar-chorokab-l-el-k-urbanal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6968-g-izlyar-chorokab-l-el-k-urbanal", "title": "Гъизляр: чорокаб лъел къурбанал", "date": "2020-01-27 08:46:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Гъизляралда лъазабуна санитарияб режим. Гьекъолеб лъим сабаблъун багъарараб инфекциялъул хӏасилалда гӏемерав чи больницаялде ккана. Гьезда гьоркьор руго школлъималги. Гьединлъидал заманаялъ кӏиго школа къан буго гьениб.\n20 январалда гьенире щвана ДРялъул Хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновги республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса тохтурзабазул къокъаги.\n22 январалде щварал ахирисел баяназда рекъон, больницаялдаса къватӏиве виччан вуго 108 чи. Гьабсагӏат гьенив вегун вуго гӏага-шагарго 107 унтарав. 14 январалдаса байбихьун инфекциялъ унти багъаризабуразул къадар щибаб къоялъ цӏикӏкӏунеб букӏана. Жакъа къоялде инфекциялъ багъаризабураб эпидемия гӏодоцинабизе кӏванин бицана «Хӏакъикъаталъе» Гъизляралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ.\n«Шагьаралъул аслияб больницаялъул бетӏерав тохтурас нижеда бицунелда рекъон, унтаразул гӏумруялъе гьабсагӏат хӏинкъи гьечӏо. Жибго шагьаралъул нухмалъиялъ кинал тадбирал тӏоритӏулел ругелин абуни, киса-кибего гьекъолеб лъеда гъорлъ хлорка жубалеб буго. Гьединалго тадбирал хадурккунги гьоркьор къотӏизе тезе гьечӏо нижеца. Шагьаралда гӏумру гьабун ругездаги лъазабун буго гьаличӏого лъим гьекъогеян. Гьединго 21 январалда шагьаралда киса-кибего лъазабун букӏана санитарияб субботникги. Киналго хӏукуматалъул учреждениязда, школазда рацӏцӏа-ракъалъиялъул хӏалтӏаби гьаруна. Гьеб гуребги, шагьаралъул нухмалъулев щибаб къоялъ щола киналго районазде, тӏаде унтарав чи вугищали лъазелъун», — илан бицана пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Сельминаз Салихӏовалъ.\nЩиб сабаблъунха лъим чороклъараб? Гьеб суал хутӏулеб буго аслияблъун. Социалиял гьиназда гьелъул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял баянал кьолел рукӏана. Гъизляралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ «Хӏакъикъаталъе» гьадинаб жаваб кьуна.\n«Тӏубан мухӏкан гьабичӏеб баяналда рекъон, лъим чороклъун буго шагьаралъул Черемушки районалда бугеб лъел мухъалде жанибе чороклъи ккун букӏун. Гьениб аскӏобго буго «Гъизляррисводстроялъ» бан букӏараб мина. Гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамаз лъиданиги дандбачӏого, жалго лъугьун бачун букӏун буго хӏажатханаялъуса къватӏибе унеб хъублъи чвахизе рогӏоро. Гьебги бачун букӏун лъел турбабазда тӏасан. Гьел рогӏразул цоябги жагъаллъун, гьенибе чороклъи чвахиялъул бицен буго, амма гьеб жеги мухӏкан гьабун гьечӏо».\nАмма республикаялъул прокуратураялъ кьураб баяналда рекъон, лъим чороклъиялъе гӏилла ккун буго 31 декабралдаса 8 январалде щвезегӏан лъел мухъал къачӏаялъул хӏалтӏаби тӏаса-масаго гьариян хъвалеб буго цо-цо информалатаз.\nГъизляралда эпидемия багъариялда тӏасан РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъ рагьун буго уголовнияб дело. Жидецаги гьелда хадуб хасаб хъаравуллъи чӏезабун бугин лъазабуна республикаялъул прокуратураялъги.\n15 январалда цо-цо журналистаз ва блогераз хъвалеб букӏана больницаялда регарал лъималазул цояб хванилан. Амма гьелъул бетӏерав тохтурас абун буго гьеб букӏанин аппендициталъул унтиги цӏикӏкӏун хвараб лъимер, инфекциялъ унтараздехун гьелъул хурхен гьечӏин."}
{"slug": "6971-zhakhida-tsiikikiunilan-tarikh-khisularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6971-zhakhida-tsiikikiunilan-tarikh-khisularo", "title": "Жахӏда цӏикӏкӏунилан тарих хисуларо", "date": "2020-01-27 10:27:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къояз, Махӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалда къотӏнор къадада ран ругел, Ватӏанияб рагъул бахӏарзазул суратал носоца ссуссун ратана цо гӏоркьилас.\nПолициялъул хӏалтӏухъабазухъе кквезе щвана гьев. Гӏолохъанчи гьев ватулеблъи кквелелдаго лъалеб букӏана киназдаго. Гурого, гӏумрудул ригь бегулев херав чияс гьединаб хӏалихьалъи гьабизе рес букӏинчӏо.\nГитлерил фашисталгун рагъулаго бахӏарчияб гьунар бихьизабурал жиндирго умумузул цӏаралде тударулел иман къосарал лъимал зама-заманалдасан раккун рачӏуна. Цойищ-кӏигойищ соналъ цебе Астраханалда бугеб «Абадиялъе бакараб цӏа» мемориалалда аскӏобги хъублъи гьабун батун букӏана. Гьеб инжитлъи гьабуравги нилъер республикаялдаса ватана. Дунялалъулго гӏащтӏичи, Гитлергун вагъичӏого, гьесухъе кверде жиндир инсул кӏудаэмен инчӏогоян, гьелда тӏаса лъугьинеги кӏоларогоги буго цо ракӏ беццаб уммат. Гӏаксалда гьеб рагъул тарих хисун букӏарабани, Германиялда жиндир жакъа гӏорцӏараб гӏумру букӏинаанилан кколеб буго гьел пакъиразда.\nЩай жакъасеб хӏакъикъат гьедин кьогӏго бугеб? Сунца тӏамулел ругел гӏун бачӏунеб «меседилаб гӏел» гьедин рахӏму гьечӏого пикру гьабизе, бахӏарчияб цӏаралъул жидерго умумул гьедин хӏакъир гьаризе? Гьеб суал буго жакъа газета цӏалулев дуцаги, гьал мухъал хъвалев дицаги такрар гьабулеб.\n— Лъималазда Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъикъат ракӏ батун бицунев чи гьечӏо жакъа. Я школалда, я рокъоб гьелъул хӏакъалъулъ бицен лъугӏун ине буго, — ян рикӏкӏунеб буго жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Хадулаевас. Гьев гьединго ккола ДРялъул «Хвел гьечӏезул полк» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулевги. Рагъул ветераналги бахӏарчиял умумулги ракӏалде щола гӏицӏго Бергьенлъиялъул къоялъ. Лъабго тӏегьги кодоб ккун, умумузул хабадеги къулизе ун лъугӏула рагъул бахӏарзазе гьабулеб адаб-рецц. Гьединал чӏаголъи гьечӏел мисалал рукӏаго гурхӏунищ къотӏиларел бахӏарчиясул Меседил цӏва щваразул суратал, — абун гьелда кӏудияб гӏажаиблъиго гьабулеб гьечӏо Ш. Хадулаевас.\nГьеб кӏочон тараб бихьугегиян рукӏунаан умумул. Амма букӏун бугин гьеб кӏочон тарабги хӏалихьалъиян бицана Хадулаевас хадубги.\n2019 соналъул сентябралда Европарламенталъ къабул гьабуна Советияб пачалихъ Гитлерил фашизмго гӏадаб вахӏшияб улка букӏанин чӏезабулеб резолюция. Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ Совет Хӏукуматалъ бихьизабураб гьунарги гьелъул кӏудияб тарихги кьучӏдасанго хисизабизе бокьун буго цо-цо хӏукуматазе. Хӏатта Советияб пачалихъалъул аскаралъ, фашизмалъул жужахӏалдаса хвасар гьарурал пачалихъазул халкъазцин мугъ рехана нилъеде. Гьеб кӏудияб рагъулъ нилъеца бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубалеб буго. Адаб гьечӏелщинал чагӏи гӏаксалда руссун рукӏаян тела. Бахӏарчиял умумузул тарих гьезул бер щолареб борхалъиялда цебего щулалъун буго. Гьелдаса нилъ чӏухӏизеги гьукъеян абе, бажарулеб батани."}
{"slug": "6972-rishchiyalgi-sasana-akhii-khiurgi-dagl-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6972-rishchiyalgi-sasana-akhii-khiurgi-dagl-ana", "title": "Рищиялги сасана, ахӏи-хӏурги дагьлъана", "date": "2020-01-27 10:36:39", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьаб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде рачӏарал гьалбадерил цоявлъун Сиябшагь Шапиевги вукӏана. 10 соналъ ДРялъул рищиязул комиссиялъе нухмалъиги гьабун, 2003 соналда гьев Москваялде РФялъул ЦИКалде вачана хӏалтӏизе. Гьеб заманалда жанир рищиялги гӏадамалги хисараб куцалъул бицунеб буго Сиябшагь Шапиевасулгун нижер букӏараб гара-чӏвариялда.\n— Сиябшагь, 1990-абилел соназда дандеккун, рищияздехун гӏадамазул бербалагьи цӏакъго хисанадай?\n— Социологаз цӏех-рех гьабизе кколеб суал буго гьеб, цо рахъалъ босани. Дирго хӏалтӏул хӏалбихьиялдасан балагьани, рищияздехун гӏадамазул бербалагьи хисун буго.\nРакӏалде щвезабилин 1993 соналда тӏоцебе нилъер республикаялда рищиязул комиссия гӏуцӏараб мех. РФялъул Пачалихъияб Думаялде депутатал рищизелъун гӏуцӏараб Махӏачхъалаялъул 11-абилеб округалъул комиссияйин букӏана гьелда цӏар. Гьелъие нухмалъи гьабизе дида тӏадкъан букӏана. Депутаталго гӏадин, Федерациялъул Советалде вакилзаби рищиги букӏана гьеб комиссиялда тӏадкъан. Церехун киданиги рищарал чагӏиги рукӏинчӏо гьел нилъер гьанисан.\nГьебго 1993 соналда рукӏана РФялъул Конституция къабул гьабиялда хурхарал рищиялги. Доб мехалда Дагъистаналда гӏадамазул 20 проценталъ гурони гьелъул рахъкквечӏо. 80 процент дандечӏана. КПРФалъул рахъалда гӏемер чи вукӏана доб мехалда. Пикру гьабиялъул рахъалъ гӏадамал жеги советияб заманалдаго рукӏана. Цӏияб къагӏидаялда хӏалтӏулел чагӏи къанагӏат рукӏана.\nГьелдаса нахъе кигӏан заманха араб? Хисичӏого гӏадамалги кинха хутӏилел? Гӏезегӏан хисанин абизе бегьула.\n— Кин батаниги, доб мехалда гьаркьал кьеялъулъ кинабали ракӏбацӏцӏалъи букӏанин кколеб буго дида.\n— Гьадаб гьанжего-гьанже комиссия гӏуцӏараб заманалда рищиял тӏоритӏулаан данде чиги лъечӏого, цохӏо кандидатги вихьизавун. Нусиде бахараб процент гьаркьазулги щун, гьевги бергьунаан (живго жиндасаго). Амма альтернатива букӏинчӏониги, гьеб кандидатура бокьа-бокьарав чиясда гуреб, кутакалда ургъун, гӏезегӏан рахъалги хӏисабалде росун тӏаса вищарав чиясда лъезабулаан. Доярка ятаниги, гӏачивехь ватаниги, гӏалимчи вукӏаниги, гьев вукӏунаан гӏадамаз рикӏкӏунев, жиндир иш лъалев чи.\n— Гьанжеги лъикӏаб жо щибха бугеб, мажоритарияб къагӏидаялдаса инкарги гьабун, партиязул сияхӏаздалъун гӏадамал рищийищ?\n— Пачалихъияб Думаялде цин журарал рищиязул бакӏалда пропорционалиялги гьарун, хадур цӏидасан гьезул бакӏалде журарал рищиялго тӏадруссинарунаха. Щайгурелъул рищиязул мажоритарияб къагӏидаялдаса инкар гьаби мекъаб букӏунаан – партияз жидерго вакилзабиги рихьизарун, хасал гӏадамазухъа бажарулеб букӏинчӏо жалго-жалго рищиязда гӏахьаллъизе. Гьанже Конституциялъул Судалъ кьун буго гьединаб рес. Амма Дагъистаналда гӏицӏго пропорционалиял рищиял гурони рукӏунаро.\n— Конституциялъул Судалъ кӏиго батӏияб къагӏидаялда пайда босизе рес кьун батани, щай гьедин гьабулеб?\n— Регионалъул нухмалъиялда битӏараблъун бихьулеб батилаха партиязул сияхӏазда рекъон рищиял тӏоритӏи.\nГьанжего-гьанже рищиял тӏоритӏизе байбихьарал 1990-абилел соназул авалалда аслиял кандидаталлъун рукӏунаан гӏицӏго магӏарулалги даргиялги. Гьелъ разилъи гьечӏолъи бижизабуна халкъалда гьоркьоб. Гьединлъидал рищиязда щибаб миллаталъул вакил вукӏине ккелин абураб закон бахъана. Гьелъул квербакъиялдалъун рачӏана доб мехалда нилъер парламенталде аслиябин рикӏкӏунеб 14 батӏияб миллаталъул гӏадамалги.\n1994-2003 соназда федералияб законалъ рес кьун букӏана квотаби чӏезариеялъе. Гьелдаса хадуб гьеб къагӏидаялдаса инкар гьабуна (законги хисизабун).\nГьабуниги, республикаялъул нухмалъиялъ хӏаракат бахъула гъол партиязул сияхӏазда гъорлъе батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби ккезаризе. Дидагоги лъикӏ бихьула гьеб. Дагьалъ цеве дун щвана Румыниялде. Кьолболъанго дора гӏумру гьабун ругел гӏисинал миллатазе бихьизабураб 17 бакӏ буго гьезул парламенталда.\nГӏисинал (кьолболал) миллатазул хӏакъалъулъ закон бахъулеб мехалда нилъер гьанир гӏурусаздаса байбихьун киналго рукӏана гьединаллъун рихьизарун. Москваялъ хас гьабун Дагъистаналъе кьураб рес букӏана гьеб. Гьелъул магӏна кколаан законалда ругел цо-цо гӏорхъабазда тӏасан гали бегьизе къваригӏин. Масала, цахуразда гьоркьов гьаракь кьолев чи ункъазарго гурони вукӏинчӏо. Амма республикаялда гӏуцӏараб 121 округалъул щибалда вукӏине кколаан гьаракь кьолев анцӏазаргониги чи. Гьединлъидал цахуразул, рутулазул къадар кӏицӏул-лъабцӏул дагь букӏунаан кидаго. Рищиязул округалъе гӏурал чагӏиги цогидаздаса данде гьаризе кколаан.\nДоб дуца тӏоцебе кьураб суалалда бан цо мисалги бачинин (рищияздехун гӏадамазул бербалагьи кин хисарабали). Долго 1990-абилел соназда цо лъалев чияс бицун букӏана жинцаги цогидав кандидатасги къотӏи гьабун букӏанила рищиязда щибниги ришват кьунгутӏизе. Амма гӏадамаз жидецаго риччан ратанила харбал жидер цояс кигӏанали гӏарац бикьулеб бугилан. Кандидатазухъа гьеб щун ругьунлъунха. 2009 соналда Дербенталда цо гьаркьихъ 20 азаргониги гъурущ кьолеб букӏанин бицунаан. Къватӏисел улкабазда гьединаб жо тӏатани, кутакалда тамихӏ гьабула. Нилъер гьаниб гьеб релълъунеб жо гуро. Гьеб тӏадчӏезабизеги захӏмалъула.\n— Амма 1990-абилел соназда кутакалда чӏагоял рищиялги, цӏа боркьараб къецги, цоцакьа къезе чӏоларел кандидаталги рукӏунаан. Гьанже лъазецин лъаларо щив киве вищулев вугевали.\n— Доб мехалда кутакаб ахӏи-хӏуралда унаанха гьел. Амма гӏезегӏан чӏвай-хъвейги кколаан.\n— Рищиязул комиссиялъе нухмалъи гьабулаго араб анцӏго соналда жанив чан батӏияв чиха дуда вихьун ватилев. Хасго «кьураралги кьвараралги» ссиялда ругеб мехалда рищиязул хӏасилал хисизареян чӏолел чагӏиги рачӏунел рукӏун ратила духъе.\n— Хӏасилал хисизаризе дида кӏолароан, щайгурелъул щибаб бакӏалъул комиссиялъ ритӏун рачӏарал тарихал дандеккуни, гьединаб жо тӏатине рес букӏунелъул. Амма гӏемерисезда гьеб бичӏчӏуларо, гьединлъидал гьаркьазе хӏилла гьабиялъул гӏайиб нижеде рехула.\nЦӏияб системаги букӏун, байбихьуда нижее кутакалда захӏмат букӏана хӏалтӏизе. Дандеккезаризе жалги гӏемер рукӏунаан. Масала, цо нухалда бюллетеналъул цо гьумер гӏечӏо Пачалихъияб Думаялде рихьизарурал кандидатазул сияхӏ хъвазе. Гьединлъидал Иляс Гӏумахановасулги, Мухӏамад Тӏолбоевасулги, Назим Ярахӏмадовасулги цӏарал нахъисеб гьумералда хъвазе ккана. Ахӏун басмаханаялъул директоргун кӏиго сагӏаталъниги халатбахъараб данделъиялда гьоркьоб лъуна нижеца гьеб суал — дагьаб кӏудияб тӏанчида бегьуларебищ гьеб бюллетень бахъизеян. Киназулго цӏарал цо гьумералда хъвани, хӏарпал гӏисинлъун, цӏализе захӏмалъулин тӏирун чӏана директор. А4 формат букӏана гьеб.\nНахъисеб къоялъ дир кабинеталде кӏанцӏун рачӏана доб мехалда политикаялда гьоркьов вукӏарав цоявги, гьесулго ракьцояв спорстменги. РФялъул Бахӏарчи Тӏолбоевасул цӏар нахъисеб гьумералда кьезе кин нужеда кӏолебилан ахӏи-хӏур гьабизе жувана гьев. Цоцаде квер борхиялдегицин ккун букӏана иш. Гьеб мехалда дица бицунеб жо дозда бичӏчӏулеб букӏинчӏолъиялъ, басмаханаялъул директор ахӏеян абуна дица. Ахӏана. Бюллетень дагьаб кӏудияб тӏанчида бахъизе бегьуларищан доз гьикъидал, бегьулин жаваб кьолев вуго гьев, амма цояс кандидатура бахъизе кколилаха. Дун гӏажаиблъана. Сонго щайха дуца нижедаги гьедин абичӏебилан цӏехана дица. «Ситуация изменилась» абун жаваб кьуна директорас. Ахирги дол чагӏазда кӏвана цо кандидатасда кандидатура бахъизабизе. Гьединлъидал кандидатазул сияхӏги бюллетеналъул цо гьумералда кьезе бажарана.\n— Гьелдаса нахъе гьедигӏанго хисун батиларин рищиязда сверухъ ахӏвал-хӏалин кколеб буго дида. Масала, Россиялда тӏоритӏулел рищиял либералияб прессаялъ хъвалеб куцалда чорокал рукӏунищ, дур хӏисабалда?\n— Гьури пуйчӏого гӏучӏги багъарилищха. Гьединаб ахӏи щведал, нижеда закон цӏунулел идарабазда лъазабула. Амма гьелъие гьезул махщелищ гӏолареб яги политикияб къасдищ букӏунаребали, гьединал хӏужаби тӏаса-масаго тола гьез, далилал ралагьичӏого, гӏайиб чӏезабичӏого. Квешаб цӏар абуни ЦИКалда чӏвала.\n— Рищиязде хьвадулел гӏадамазул къадар цӏакъго мукъсанаб щай букӏунеб гьанже?\n— Батӏи-батӏиял гӏиллаби руго гьелъие. Рищиязул хӏасилал гьереси гьарулел рукӏиналъ бокьуларин гӏадамазе гьенире хьвадизеян рикӏкӏуна цо-цояз. Амма дица гьаниб Монголиялъул мисал бачина. Гьанжегӏагар щвана дун гьениве.\nДора щивав чиясул килщазул расеназул суратал рукӏуна электроннияб базаялда. Гьеб расен гьале гьав чиясул бугилан бихьизелъун, гьесул жиндирго суратги бачӏуна хасаб экраналде. Гьедигӏанги рацӏцӏадал рищиял гьарула гьенир. Амма халкъалъул букӏине кколебгӏанасеб къадар гьениб гӏахьаллъуларо.\nДир хӏисабалда, кандидатазда гьоркьоб кутакаб къец бугони, гӏемер чи вачӏуна гьаркьал кьезе. Долго 90-абилел соназде тӏадруссинин, дебатазда депутатлъиялде унел чагӏазда гьоркьоб квешаб кьаби кколеб букӏиналъ копоего гӏадин гӏадамалги рачӏунаан рищиязде.\n— Социалиябгун экономикияб рахъалъ нахъе ккаралгӏан регионазда Владимир Путин щай кидаго рищиязда бергьунев? Масала, Дагъистаналдагун Чачаналда.\n— Нилъер, кавказиязул, менталитеталда (гӏамал-хасияталда) бараб жо батула гьеб. Масала, чӏахӏиязухъ гӏенеккулеб гӏадат бугелъулха. Гьебго суал цо рищияздаса хадуб живго Путиниеги кьуна президентасулгун ЦИКалъул букӏараб дандчӏваялда нижер хӏалтӏухъаналъ. Гьесул жавабги гьединабго букӏана (Северияб Кавказалъул гӏадамазул гӏадат бугилан кӏудияз абураб жо гьабулеб)."}
{"slug": "6973-rakialdeshchveyazul-shchenon-baleb-tsiad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6973-rakialdeshchveyazul-shchenon-baleb-tsiad", "title": "Ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏад", "date": "2020-01-27 10:52:59", "categories": ["obshestvo"], "text": "25 январь нилъер улкаялда кӏодо гьабула студентазул къо хӏисабалда. Гьединго гӏурусаз гьелда Татьянал къойиланги абула. Бищун талихӏалги аваданалги сонал студенталъул ругеб заман букӏанин абулелъул, нижер пикру ккана цо-цоязул ракӏалдещвеял кьезе.\nХӏусен Казиев, РФялъул мустахӏикъав артист:\nДир студентлъун вугеб заман ана берцинаб Типлис шагьаралда. Гьениб щвана дие артистасул лъайги букӏинеселъе гьунарги. Гьениб дица хӏетӏе чӏечӏеб бакӏги тун батиларо. Типлисалъул музеялги, театралги, кӏалгӏабиги гӏагараллъун лъугьана дие. Гӏемерал гьудулзабиги руго гьениса, гьезул чангиязулгун жакъа къоялъги бухьен къотӏун гьечӏо.\nКӏиабилеб курсалда дун вугеб мехалъ нижер группаялъул нухмалъулес бахъун букӏана нижги гӏахьаллъараб кино. Нилъер республикаялъул телевидениялдасаги бихьизабун букӏана гьеб. Гьединго риидал дун рокъове щвезе вачӏиндал, Буйнакскиялда театр бугеб заманалда гьениб лъолаан нижер курсалъ хӏадур гьабураб студентазул спектакль. Гьединал хинал ракӏалдещвеял хутӏана Типлисалда цӏалулел соназул.\nКепал лъугьа-бахъиналги камилищха студентазул. Цадахъ цӏалулел гуржиязул гӏолохъабазе интерес букӏунаан нижеца бицунеб магӏарул мацӏалъул. Гьеб жидедаги малъиларищан рукӏунаан. Цо рагӏи гьезда малъулаго цадахъ чанги къваригӏел гьечӏеб цо-цо каламги малъулаан нижеца копоего. Хадуб гьелъул магӏна бичӏчӏидал, барщунги рукӏунаан гуржиял.\nКванихъ кьезе шагьи гьечӏого хутӏидал, чӏорогоял шушби жанире кьунги гьабулаан гӏарац. Цо нухалъ ккараб бицинин. Нилъер аниса гьоболлъухъ рачӏунел ракьцояз цадахъ бачӏун букӏана чемодан цӏураб икра. Босун цо гьелъул цӏорол банка нижеда цебеги лъуна гьез общежитиялда. Аб щибжоян гьикъидал, икра бугин бицана. Амма дида доб мехалъ икра щибали лъалеб букӏинчӏо. Тӏинчӏ лъезе унеб мехалъ къоркъоца къватӏибе рехулеб жоялда релълъун бихьана дида гьеб доб мехалъ ва кваназе ине инкар гьабуна. Хадуб цадахъ цӏалулел гуржиязе кьураб мехалъ, гьел риххун хутӏана бокьаниги кодобе щолареб машгьураб деликатес дица гьедин чӏобого кьураб мехалъ.\nШамил Хӏасанхӏусенов: «Гъуниб районалъул гӏолилал» жамгӏияб цолъиялъул нухмалъулев:\nДун цӏалулеб заман цӏакъ захӏматал, рахӏатхварал соназде данде ккана. Эбел-инсуеги нижееги ургъел бугеб мех букӏана. Бугониги, гьезие кӏудияб кӏвар букӏана дун тӏадегӏанаб цӏалул идараялде ворчӏиялъул. Доб мехалъ дие бокьун букӏана мединституталде лъугьине, амма доб мехалъ рукӏарал тӏалабазда рекъон, дие битӏ ккечӏо гьениве лъугьине. Гьединлъидал дица тӏаса бищана политехникияб институт ва гьелдаса пашманлъичӏо. Гӏумруялъул лъикӏаб школа батана дида гьениб. Общежитиялда гӏумру тӏамизе ккарав чиясда гурони бичӏчӏуларо гьеб. Захӏмалъиги ракъи-къечги бихьичӏого хутӏуларо студентасда, амма захӏмалъиялъ лъадараравгӏан лъугьуна инсанасул къвакӏараб пикруялъул ва щулияб хасияталъул чи. Гьединго гӏемераб буго гьениб цадахъ ругел къайи-цадахъазда бараб жоги. Гьелъул рахъалъги битӏ ккана дие. Сахал гӏолохъаби рукӏана цадахъ.\nМугӏалимзабиги рукӏана камилал. Киданиги кӏочон теларо Абакар Адуевич абун дие дарсал кьурав мугӏалим. Дидехун кидаго хинаб бербалагьи букӏана гьесул. Гьелдаса пайдаги босун, цӏалулъ нахъе кколел гӏолохъабе кумек гьарун аскӏове индал, гьес абулаан жиндие кумек гьабизе бокьулин гьунарги пагьмуги бугел студентасе, гьел дуца бицунел гӏоркьилазе гьеб хӏажат гьечӏин, гьезда гьадинги батулин гӏумруялда жидерго бакӏ. Гьес абухъе ккезеги ккана.\nЦӏалуде рокьи гьечӏевгӏанщинав чи нахъа лъикӏаланго магӏишатги дандебилълъун руго жакъаги. Гьелъул магӏна кколаро цӏали хӏажат гьечӏеб жолъун бати. Гьечӏо. Цӏализе ккола. Амма кин букӏаниги, щивасда батулеб буго гӏумруялда Аллагьас къачӏараб бакӏ.\nЖакъа ругел студентазулъ, дун цӏалулеб мехалда рукӏаралги данде ккунани, доб цебе нижер цӏалуде букӏараб гъира, чӏаголъи гьечӏо гьезулъ. Эбел-инсуца квер чӏвалеб букӏиналъ тӏаса-масагояб буго гьезул цӏалуде бербалагьиги. Студентлъун вугеб мехалда диего щвечӏеб жо гьезие щвезе бокьун вукӏуна дун, гьел рекӏеда ратизарулев. Амма гьелдаса пайда босулев чи гӏемер вугищали лъаларо.\nЖамалудин Малламухӏамадов, гӏелмияв хӏалтӏухъан:\n90-абилел соназул бищун захӏматаб мехалъ ккана дун шагьаралде цӏализе. Мискинго рукӏана гӏадамал. Студентал абуни бищунго хъарцинаб куцалъ хутӏун рукӏана. Тукадаса чед босизе ирга кквезе гӏоло къаси кватӏараб гӏужалъ ине кколаан гьениве. Рогьинегӏан хутӏараб мехги букӏана чанги. Гьедин къо бихьун щвараб чадида тӏагӏамги батӏияб букӏунаан. Эбел-инсуца магӏарухъа битӏун щиб-щибниги нигӏматалъул квен гьабуни, гьебги ун батулаан бикъун. Общежитиялда дунго гӏадин ракъарал студентал гӏемер рукӏаралъул, хъаравуллъи ккун бажарулароан. Квен бикъаниги кӏваричӏин, хьаггӏаги нахъбуссинабейилан лъазаби чӏван толаан цо-цояз.\nОбщежитиялда рукӏа-рахъиналъул суал цӏакъго захӏмалъидал, гӏагарал чагӏазул бакӏалдаги вукӏана рукъалъ. Автостанция бугеб районалдаса вахъарав лъелго унаан педуниверситеталде щвезегӏан. Транспорталъухъ кьезе гӏарац кидаго букӏунароан, гӏарац букӏаниги, жибго транспортги къанагӏалъун букӏана.\nАмма гьединаб бигьалъи гьечӏеб заман букӏаниги, цӏалудехун рокьи сундаго къезабизе кӏвечӏо. Бищун талихӏаб заманлъун хутӏана студентлъун вукӏарал сонал. Гьанже ругел студентазухъги балагьула дун. Сундулго рахъалъ санагӏалъаби ругеб гӏасруялда цӏализе щваниги, гьезие гьелъул ургъел гьечӏо. Ракӏ унтун цӏалулел гӏолилал жакъа дагь руго. Узухъда, гьезул щивасда батила жиндиего насибаб бакӏ. Амма жанисан, рухӏияб рахъалъ, цӏакъ мискинго рукӏине руго гьел.\nМухӏамад Ахӏмадов, халкъияв шагӏир:\nБищун талихӏал сонал рукӏана Москваялъул Литературияб институталда цӏалулеб заман. Гьенир гӏадал мугӏалимзаби цоги цӏалул идарабазда рукӏанадайилан ккола дида жакъаги. Достоевскиясул творчествоялда тӏасан хасаб курс бачунев профессор вукӏана Виктор Артурович Богданов абун. Гьесул гӏадат букӏана лекция цӏалун лъугӏулеб мехалъ килищ эхеде борхулеб. Борхараб килщиде студентасул цонигияс кӏвар буссинабулеб бугищали халгьабун чӏолаан гьев. Амма гӏемерисезе гьелъул кӏвар букӏунароан. Цоял кучӏдул хъвалелниги, конспектазде тӏаде къулунниги, жидерго пишаялде машгъуллъун рукӏунаан. Цо нухалъ иргадулаб лекциялда килищ борхидал, дун валагьун чӏана гьесухъ. Гьебги цӏакъ рекӏее гӏун, дида аскӏове вачӏана профессор. Хутӏарал студенталги къватӏире ритӏун, цохӏо дие цӏалана кинабго лекция. Гьелъ цӏакъ асар гьабун букӏана диеги.\nГьединго гӏурус мацӏ кьолаан цӏакъ хӏалимай кӏиго чӏужугӏаданалъ. Кидаго радал тӏоцебесеб гьезул дарс букӏунаан. Лекция байбихьилалде, лъимал, нуж радал кванан ратуларинги абун, кидаго цадахъ букӏунеб термосалъусан бухӏараб чай яги кофеги тӏун кваназарулаан, данде бутербродалги кьун. Гьезул адабги хутӏана кидаго рекӏелъ.\nГьанже ругел студентазул гьединаб аваданабги чӏагоябги гӏумру букӏинин кколаро.\nРабадан Мухӏамадов, гӏалимчи, археолог:\n1980 соналъул 10 январь. Доб мехалъ дун вукӏана Ростовалъул пачалихъалъул университеталда историялъул факультеталда ункъабилеб курсалда цӏалулев. Гьеб мехалда нижеца гьабуна «бакъвараб» студентазул ригьин. Цудунго радалиса ЗАГСалде рачӏана автобус цӏурал бахӏарасулги бахӏаралъулги гьудулзаби. Кӏиабилеб машина букӏана, автобусалда дандеккун, цӏакъго чӏухӏараб – ГАЗ-24 «Волга»! Тӏад рухьарал шариказ ва лентабаз жанив вугев чи вихьизе толев вукӏинчӏо.\nЗАГСалда ккарабщинаб дица гьанже гьоркьоб биччалин. Регистрация лъугӏун хадуб кӏиябго машина къокъана. Светофоралда нижер машина лъалхъарабго, дида вихьана нухда эхетарав дир гӏелмияв нухмалъулев, машгьурав археолог. Гьев вукӏана хасалил тӏагъурги лъун, хинаб хъабарчаги ретӏун. Хӏатӏазда – валенкаби, кодор – ччугӏа кколел алатал. Дида лъалаан дир «руководитель» гьеб къоялъ ччугӏа кквезе Дон гӏурухъе унев вукӏин, амма гьадинан ниж нухда данде ккелилан ракӏалде кисаха кколеб.\nБащдаб сагӏаталдасан кафеялде автобусалъ рачун щварал нижер гьалмагъзабаз бицана «ччугӏихъангун» азул ккараб лъугьа-бахъин.\nНижер «Волгаялда» хадуб гӏедегӏулеб букӏараб автобус водителас чӏезабун буго (дос квер борхидал):\n— Херав, вокзалалде щвезегӏан вачинин, рекӏая, — йинги абун.\nЖанир ругел «пассажираз» гьасде гьедигӏанго халгьабун гьечӏо, жидерго харбида, бицунеб-толелда рукӏун. 10-15 минуталдасан маххул нухлул вокзалалда гӏодове рещтӏунаго, «ччугӏихъанас», надалде далараб тӏагъурги тӏаде борхун, абун буго:\n— Гьалмагъзаби, нужеца Рабаданидаги Зинадаги дир салам бице! — ян.\nКиналго гӏажаиблъун хутӏун руго, кисандай гьав херасда нижер бахӏаравги бахӏарайги лъалел абун. Дица гьев дир «научный руководитель» вугин абидал, киналго релъанхъана…\nНахъисеб къоялъ дицаги чӏужуялъги кьуна хасалил сессиялъул иргадулаб экзамен, щвана «щуйилал». Бакъанида ниж жиндихъего гьоболлъухъ ахӏана дов дир гӏелмияв нухмалъулес:\n— Гьа, щванищ нужее сон дир салам, — абун велъанхъана ав, къокъаб магжида кверги бахъулаго."}
{"slug": "6975-itstsulgi-rekielgi-ratsitsial-i-tsiune", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6975-itstsulgi-rekielgi-ratsitsial-i-tsiune", "title": "«Иццулги рекӏелги рацӏцӏалъи цӏуне»", "date": "2020-01-28 06:30:03", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Туризм нилъер республикаялда хайир кьолеблъун лъугьунеб бугин, нилъехъе къватӏисан рачӏунел гьалбалги цӏикӏкӏунел ругин абулеб буго республикаялъул тӏадчагӏазгицин.\nГьез кьолел баяназда рекъон, цересел соназда дандеккун 2019 соналъ Дагъистаналде рачӏарал туристазул къадар бахун буго 850 азарго чиясде, ай гьел цӏикӏкӏун руго 20 проценталъ.\nЦере нилъехъе рачӏине хӏинкъулел рукӏун ратаниги, гьанже цо нухалъ щвараз цогидазда бицун Дагъистан бихьизе гъира базабулеб буго. Узухъда, гьеб батила хӏинкъигьечӏолъиялъул рахъалъ республикаялда гӏодобебиччай букӏиналда барабги.\nГьобол хиралъи бидулъго бессараб халкъалъ кинха къабул гьабулеб бугеб гьеб сабаблъун бизнес гӏуцӏи? Гьабулеб бугищ пикру нахгун кваналеб чадида тӏад жеги икраги бахине гьелъ кьезе букӏиналъул? Бугищ гьелде жанисеб хӏадурлъи?\nТӏоцебе халгьабе лъарагӏлъиялдаса магӏарухъе нилъ рачунеб шагьранухлул рагӏаллъабазул, гӏурумухъазул. Лъалхъе бищунго гьайбатал тӏабигӏаталъул бокӏназда, ракке сахлъиялъе гьава цӏазе, свак чучизе нилъ хьвадулел рохьахъе. Ракӏ гъанцӏулеб, хӏал буго! Къватӏиса чи вачӏунищха гьеб хъублъи тӏибитӏараб? Гьайгьай, гуро, чахьалги цӏезарун хутӏаралде мугъ рехулел нилъер росуцояз, гьудулзабаз, гӏагарлъиялъ.\nДица пикру гьабула Европаялъул гӏадамазул ва нилъер бусурбабазул — щай нилъее бокьулеб чороклъиялъулъ къан рукӏине? Аллагьас инсанасе гӏоло бижараб дунял, нигӏматлъун кьураб тӏабигӏат, гьекъолеб лъим — гьелъул рацӏцӏалъи цӏунизе лъаларел нилъеда туризмалъул бизнес бичӏчӏулищ? Сверухълъиялде берхьвагӏеха? Кинаб букӏунеб бусурбанчиясул жанисеб рацӏцӏалъи гьаб чороклъи сверухъгун?!\nРалъдал чороклъиялъул бицун гьаниб хӏал кӏвеларо, гӏурулгун лъарал рагӏаллъабазда ругел росабазул халгьабе. Санагӏалъаби рекъарал, рацӏцӏадал рукъзабахъа тӏолго хъублъи лъадалъе буго чваххулеб. Жеги кӏудияб хӏикмат — гьебго лъим буго богорукъзабахъеги бачун нилъецаго гьекъолеб. Киналха нилъ бусурбаби чедгицин рищниялде рехулел? Анкьие цо нухалъниги щивас жиндирго рукъалда, ах-хуралда сверухъ бакӏ бакӏарани, бачӏунарищ рацӏцӏалъиялъул нур?\nГӏабдулатӏипов вачӏараб мехалъ цӏакъ тӏадчӏун рацӏцӏад гьаризе байбихьана нухлул рагӏаллъаби. «Нилъер чороклъи бацӏцӏине къватӏиса чи вачӏунаро» — янги абун, республикаялда рацӏцӏалъи гьабизе гьес лъуна байбихьиго.\n«Рацӏцӏалъи алжаналъуса бачӏараб буго», «Иццулги рекӏелги рацӏцӏалъи цӏуне» — кигӏан гӏемер нилъеда гьеб рагӏулеб вагӏза-насихӏаталъулъ, игӏланал чӏван нухлул рагӏаллъабазда бихьулеб, иццул кӏалтӏа батулеб.\nУзухъда, рацӏцӏалъи цӏунулелги ратила бакӏал. Цогидазеги мисалалъе букӏинелъун гьезул нилъеца хадуб бицина, бахчараб лъикӏабщинаб рагьила, рагьараб квешлъиялда данде рагъ бала.\nМурадги буго нилъер гӏадамазул «дие гьаб щайин» абураб пикру хисизаби, нилъерго ракьалде рокьи бижизаби, рекӏеда ратизари.\nЖакъа Дагъистаналда туризмалъ кколеб бакӏ нилъеда бихьулеб буго. Ахирал соназ гӏезегӏан лъикӏал ишал гьаруна, гьезул цояб буго «туристический хаб» абулел, гьалбал лъалхъизе рукъзал рай. Гьелъул кӏудияб санагӏалъиги буго нухлулазе. Бокьилаан, хӏукуматалъ гьабулелъухъ балагьун чӏечӏого, жиде-жидер ракьалда берцинлъиги рацӏцӏалъиги, хайир кьолеб хӏалалъ гӏуцӏараб хӏалтӏиги бихьизе."}
{"slug": "6976-nil-ergo-rakalde-galdoleb-roki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6976-nil-ergo-rakalde-galdoleb-roki", "title": "Нилъерго ракьалде гьалдолеб рокьи", "date": "2020-01-28 06:32:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жанисеб туризмалъул бачӏинахъего лълъар ккурав чи вуго Хунзахъ районалъул Харахьиса Шамил Шангереев. Турфирма гӏуцӏарав чи хӏисабалда гуревги, Шангереев машгьурлъана нилъер мугӏрузул улкаялъул берциналщинал бакӏал, миллияб хаслъи цӏунарал гьайбаталщинал гӏадамазул жинцаго рахъарал суратазул выставкаби тӏоритӏиялъги. Живго гьев гӏуна Дубки поселокалда, гьесул лъимерлъудаго эбел-эмен рачӏана Чӏикӏаб ГЭС балеб бакӏалда хӏалтӏизе. Советияб заманалъго рукӏарал батӏи-батӏиял заводазда хӏалтӏун гуреб цебеккун творчествоялъулгун щибго бухьен гьечӏев чи вукӏана гьев. Соназул завалалде вахигун квербараб иш гьанжесел тӏалабазда рекъон нухда бачинелъун, Шамилица цӏалун лъазабуна «менеджмент по туризму» абураб махщел.\n«Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ щварав Шангереевасулгун букӏараб гара-чӏвари кьолеб буго гьаниб гъоркьехун.\n— Турфирма рагьулев чиясда тӏоцебе жиндаго лъазе кколеб батила тӏабигӏаталъул тӏокӏаб берцинлъиялъул, тарихиял ва цебесеб архитектураялъул хаслъи цӏунарал бакӏал. Дуца сундаса байбихьараб?\n— «Одноклассникал» абулеб жамгӏиял гьиназул бутӏаялда батана кӏиго гӏолиласул къец, цояв дагъистанияв, цогидав эрменияв. Дагъистан Армениялдаса цӏакъаб бугин жиндирабго чӏезабулев нилъерасда эрмениясе гьикъулеб бугоан нужер дунялалдаго машгьурал бакӏал, гӏадамал рехсеян. Нилъерасул сихӏ къотӏана. Гьезул харбида гьоркьовеги жувачӏого дунгоги ургъана, гьеб суалалъе жаваб кьезегӏанасеб жо дидагоги лъалеб батичӏолъиялдаса намуслъана. Гьелдаса нахъе тӏадчӏун байбихьана лъазабизе нилъерго ракь, тарих. Интернеталда хъирщардилаго тӏаде ккана Камил Чутуевас церего рахъарал Дагъистаналъул берцинлъи рагьулел суратазде, гъира бижана гьел бакӏазде щвезе. Цо гӏадатияб фотоаппаратги босун къватӏиве вахъана. Лъикӏ лъугьарал суратал жамгӏиял гьиназда лъуна. Гьел рихьидал, жидееги бокьилин гьел бакӏал рихьизеян абулелги камичӏо. Газель машинаги ижараялъе бачун байбихьана нилъерго республикаялдаса 7-8 чи вачун хьвадизе. Басриял маршруткаби санагӏат гьечӏел ругин абулев чи кколароан, сапаралде бугеб гъираялъ разиго рукӏана тӏоцересел туристал.\n— Дагъистаналъул рахъалъ чанги батӏияб пикруялъул чи вукӏунев ватила къватӏиса рачӏарал туристазда гьоркьов..\n— Кӏиго-лъабго соналъ цебе букӏараб туристазул къокъа ракӏалдаса унаро. Нилъер гьаниб букӏана Москваялъул «Спартак» ва нилъер «Анжиялъул» футболалъул хӏай. Гьеб байбихьилалде чанго къоялъ цере кӏалъан рачӏана «Спартакалъул» болельщикал, мачт байбихьилалде жидее Дагъистаналда экскурсия гьабиларищан. Тӏаде балагьун согӏаб рагъа-рашариялъул, 9-10 гӏолохъанчи вукӏана. Спорталъул фанаталги батӏи-батӏиял чагӏи рукӏунелъул, гьел цо кӏалъазаризе дица нилъерго къагӏидаялъул махсара гьабулеб букӏана. Гьеб бичӏчӏулел гӏадал чагӏи гьечӏилан тана. Дагъистаналда рукӏарал кьвагьа-гӏанхъиязул, чӏвай-хъвеязул суалал рукӏана гьез кьолел. Гьезда бихьана тӏубан батӏияб Дагъистан, халкъалъул гӏаданлъи, миллияб хаслъи. Балхаралда оцбаялъул байрамалде щвана байбихьуда гьелгун. Кӏудияб хӏурмат гьабуна щванщинаб бакӏалда гьезул.\nКӏиго-лъабго къоги гьаниб бан тӏадруссунелъул, Дагъистаналъул рахъалъ тӏубан батӏияб пикругун, къвалал ралаго церего лъалел гьудулзабазулгун гӏадаб букӏана къо-лъикӏ гьаби. Гьединал мисалал чанги ккана…\nДагъистан бихьарал чагӏазул нилъер рахъалъ квешаб пикру букӏине рес гьечӏо.\n— Байбихьизе захӏмат букӏанищ? Хӏалтӏухъабазе харжалги кьезе, цӏиял, машинабиги росизе ккани, гӏезегӏан харжал гьаризе кколел ратила. Хӏакъикъаталдаги хайир кьолеб иш бугищ гьеб..?\n— Коммерциялъулаб иш цебетӏезе гӏарацги гьечӏого гӏелищха. Дир пикру кидаго буссун букӏуна фирмаялъул хӏалтӏул даража лъикӏлъизабиялде. Нилъер ракьалъул, гӏадамазул рахъалъ лъикӏаб пикругун тӏадруссун унел туристал рихьидал ракӏ бохула, жеги лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏизе гъира бала. Дагъистаналде унго-унгоги рокьи бугев, нилъерго ракьалъул хӏурмат гьабулев чиясдаса гьоболги разиго хутӏула. Гӏицӏго щолеб хайиралде ургъун гьеб рахъ цебетӏоларо. Дир хӏисабалда, нилъерго ракьалде гьалдолеб рокьи букӏине ккола.\n— Нуж сапаргун рачӏараб бакӏалъе щиб хайир бугеб туризмалъул?\n— Хӏалтӏи гӏуцӏизе лъарал бакӏазда хайирги буго. Туристаздаса жидеего пайда щолеб хӏал гьабизе рес буго щибаб районалда.\nГьелда ургъуларо нилъер гӏадамал. Тӏоцебесеб иргаялда дица налогал кьолел руго, хадубги 15 чиясе хӏалтӏи буго, ниж щванщинаб бакӏалда туристаз жидеего хӏажатабщинаб босун даран гьабулеб буго, кафеязда кваналел руго. Гьеб гурищ хайир?\nМадугьалзаби — чачаназ ва цогидал ниж щварал республикабазда, хӏукуматазда кутакалда лъикӏ гӏуцӏун буго гьеб иш. Нилъер гьаниб гьединаб даражаялде туризмалъул иш бахин анищазулъ хутӏулеб буго жеги. Гьелъ республикаялъего кьезе бугеб пайдаялъул тӏубараб бичӏчӏи щун гьечӏо гӏадамазухъе.\n— Шамил, гьеб ишалъул анищазулъ цойги щиб бугеб дур?\n— Къасд буго гьалбадерил рукъ базе. Гьебги нилъер магӏарул цебесеб архитектураялъул къагӏидаги цӏунун. Киб гьеб балебали жеги цойиде ккараб пикруги гьечӏо.\n— Сунца вохизавулев бищунго? Сапаралъ араб мехалъ сурукъ щиб бихьулеб?\n— Вохула, чӏухӏула нилъер халкъалъул гӏаданлъиялдаса, гӏадатлъиялдаса. Туризм, бизнесинги абун, гӏадамазулъа гьеб гьобол хиралъи, ракӏазул сахаватлъи билун инин хӏинкъун вукӏуна.\nПашманлъула гьайбатаб тӏабигӏаталда тӏибитӏараб чороклъи, росабазул рагӏалда ратулел рищниялъул гохӏал рихьун. Сапаразда хӏухьбахъулеб бакӏ нижецаго бацӏцӏад гьабула. Бакӏалъулал хӏакимзаби, ран галстукалгун, хъахӏал гурдалги ретӏун рукӏуна балагьун, къватӏиса рачӏарал дир туристазин абуни гьезул сверухълъи бакӏарула. Гьедин лъазарурал акциязда гӏахьаллъи гьабизе бокьанщинал туристал рачун хӏалкӏоларо. Рищниялъе къандалъабиги, квердахелалги дицаго росула, гьеб сапарги къадеквенги чӏобого букӏуна туристазе. «Рацӏцӏалъи цӏуне» абун гьел бакӏазда нижеца чӏван тарал игӏланал рухӏун ратула, нахъеги щвелалде гъобго чороклъи гьабун батула. Гьеб гьечӏищ нилъ намуслъизе ккараб жо…"}
{"slug": "6977-makidasa-rorchiize-zaman-shchvechiodaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6977-makidasa-rorchiize-zaman-shchvechiodaj", "title": "Макьидаса рорчӏизе заман щвечӏодай?", "date": "2020-01-28 06:39:55", "categories": ["obshestvo"], "text": "2010 соналда Татарстаналъул президент Минтимер Шаймиевас иргадулал рищиязда гьеб хъулухъалде гъира бугезда гьоркьоб жиндирго цӏар загьир гьабичӏо ва захӏматаб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏудаса жиндиего бокьун гӏодов чӏана. Нилъер гӏумруялда гьединал хӏужаби къанагӏат гурони дандчӏваларелъул, гьединал гӏадамазул хӏурмат гьабизе бачӏуна. Гьев мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде аралдаса дагьаб заманги инчӏо.\nМинтимер рикӏкӏунаан ритӏухъав, гӏакълу камилав, кьураб рагӏи кколев, бадибе жо абулев нухмалъулевлъун. Жиндихъа бажарулеб, лъугьунеб жоялъе гьес кумек гьабизе хӏаракат бахъулаан, амма цо кинаб бугониги гӏиллаялдалъун гьабизе рес гьечӏеб жо, нахъе къачӏого, битӏахъего гьебги абулаан.\nРакӏалда буго, Дагъистаналде хъачагъал кӏанцӏидал, нилъер республикаялъе кумек гьабиялъул мурадалда, Россиялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна киналниги субъектазда тӏадкъазе Дагъистаналъе кӏвараб кумек гьабиялъул иш. Гьеб мурадалда республикаялъул хӏукуматалъул членал, министрал щибаб республикаялда хадур щула гьаруна гьез кумек гьабун кьолеб къайи-матахӏалъул ургъел гьабизе ва гьеб Дагъистаналде бачӏиналъе квербакъизе. Мисалалъе, Краснодар краялъ кьуна 1000 тонна ханждал. Гьединго маххалдалъун, бакӏал ралел тӏагӏелаздалъун, цементалдалъун кумек гьабуна цогидал республикабазги. Татарстаналде ун, гьеб иш гӏуцӏизе тӏадкъана дидаги. Амма гьеб республикаялъул президентасул администрациялъул нухмалъулезулгун гьабураб накъиталъул хӏасилалда дида бичӏчӏана нилъее кумек гьабизе гьезул рес гьечӏолъи. Республикаялъул бетӏерасул цӏаралдасан гьеб ракӏбацӏцӏадго, добе-гьанибе цӏачӏого, гьез загьирги гьабуна. Гьелъухъги баркала буго, рукъ бакъунги тун, садакъа гьабилищха. Гьеб бугин ккола республикаялда жаниб социалияб рахъ, гӏадамазул рукӏа-рахъин къадарго бугони, сундухъго балагьичӏого, гьеб борхизабизе нухмалъулесул бугеб гъираялъул, жиндир миллаталдехун бугеб рокьиялъул, гьезда цебе бугеб жавабчилъиялъул хӏасил.\nГьанже рачӏинин дун гьаб макъала хъвазе тӏамураб аслияб пикруялде. Жакъа гӏумруялъул бечедаб хӏалбихьи бугев, миллаталъул кӏвар бичӏчӏулев республикаялъул президентасул гӏакълучи М. Шаймиев хӏалтӏулев вуго жамгӏияталда жаниб жидерго миллияб мацӏалъул кӏвар борхизабиялда тӏад. Татарстаналда гӏуцӏулел руго гӏемерал мацӏал лъазариялъул школал. Гьениб кӏвар кьолеб буго пачалихъияллъун кколел татар ва гӏурус мацӏал мухӏканго лъазариялде. Казаналъул федералияб университеталдаги мацӏазул махщелчагӏи гӏезариялде кьолеб кӏвар цӏикӏкӏинабулеб буго. Гӏеларищха, жакъа къоялде гьеб университеталда филологияб ва художествияб рахъалъ студентал цӏализарулеб анлъго факультет букӏин.\nНилъецайин абуни, кин бицаниги, рахьдал мацӏазул суалазде кьолеб кӏвар буго цӏакъго тӏаса-масагояб.\nЧанго сон буго Дагъистаналъул университеталда гӏурус ва Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул факультет къаралдаса, соналдаса соналде дагьлъулел руго гьенир филологияб факультеталда цӏалулел гӏолилазул къадарги. Беццилеб хӏал гьечӏо лъималаз рахьдал мацӏ лъазабиялъулги, тӏоцебесеб иргаялда, жалго эбел-инсул, хадуб школазул тӏалабалъулги. Гӏолеб гӏелалда гӏадлъун бихьулеб рахьдал мацӏалда кӏалъай, гьелда хъвараб цӏализе лъай. Лъикӏаб букӏинароандай лъималазул ахаздасан байбихьун, рахьдал мацӏал лъазарулел къокъаби гӏуцӏани, школа лъугӏун хадуб кьолеб ЕГЭялде гъорлъе гӏагарал мацӏазул суалалги журани, пачалихъияб хъулухъалде хӏакимлъун восулев чиясдаса жиндирго рахьдал мацӏ лъайги тӏалаб гьабуни!\nКвеш ккеладай, цогидал мадугьалихъ ругел республикабаз гӏадин, нилъецаги нилъерго росабазул, къватӏазул цӏаралгӏаги гӏурус мацӏалдаго цадахъ жиб-жиб миллаталъ нилъерго мацӏалда хъвани? Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб бараб буго районазул бутӏрузда, лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезда ва школазул директорзабазда. Россиялъул законазда гьеб гьукъараб бакӏги гьечӏелъул. Заман щун буго, макьидасаги рорчӏун, гьеб суалалда тӏад ургъизе."}
{"slug": "6978-godekian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6978-godekian", "title": "Годекӏан", "date": "2020-01-28 06:43:08", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Годекӏан лъикӏаб жо, хӏикматал щвани, хӏалихьатал чагӏалъ гӏодор чӏечӏони». Гьединаб аби буго магӏарулазул.\nАнкьумумулъанго бачӏараб гӏадаталда рекъон, годекӏан — гьеб кколаан лъикӏабги квешабги бицунеб, росдал масъалаби, гӏузраби дандралеб, харабаз тӏаде гӏолеб гӏелалъе тарбиялъул дарсал кьолеб, жакъасеб мацӏалда абуни, жамгӏияталъул унго-унгояб институт. Амма жакъа годекӏан гьединаблъун гьечӏо, хӏатта годекӏанин абураб рагӏицин гӏемер хӏалтӏизабуларо.\nБокьараб росулъе щвани, тӏаде вачӏарав гьоболас тӏоцебе цӏехолаан годекӏан бугеб бакӏ. Гьесда лъалаан годекӏаниса чи камулареблъи ва цо лъица бугониги жив рокъове вачине вугеблъи. Жакъайин абуни жамгӏияталъул гьеб институт тӏубанго биххун буго, щиб росулъе щваниги, нус-нус соназ умумул гӏодор чӏолел рукӏарал цӏорорал тӏалаби гӏицӏго ратула.\nЩайха жакъа годекӏаналъул къимат хун бугеб? Кире арал, хьагиниса гелгӏанги гьениса камулел рукӏинчӏел нилъер хараби?\nЦере годекӏабахъе унаан чӏахӏияз бицунеб харбихъ гӏенеккизе, росулъ ккара-тараб, рагӏараб-бихьараб гьенисан лъалаан. Гьанжейин абуни годекӏаналъул гӏакъиллъи лъугӏун буго, гьелде регӏарав чи гьечӏо. Чӏахӏияздаги гӏисиназдаги гьоркьоб кьер билун буго. Гӏисинал чӏахӏалъун руго, чӏахӏиял гӏисинлъун руго. Гӏакълу кьезеги чи тӏагӏун вуго, кьураб босизеги чи гьечӏо. Гьедин букӏиналъ лъугӏун буго годекӏабазул магӏнаги.\nЦебе, ай чехь цӏезегӏан кваназе жо щолареб, хинкӏги хӏанги, хинкӏги хинкӏал рахъараб карщги кванан гӏадамал яшавалда ругеб, колхозалдаги хӏалтӏун, хӏалтӏаниги гъоркь ккуниланги абун кодобе жого щолареб заманалда годекӏан букӏана гӏадамасул керенги чучулеб, росдал рухӏияб рахъги бихьулеб бакӏ. Нус-нус соназ умумуз гьабулеб букӏанщинаб, гьаб ахираб заманалда бицунелъухъ гӏенеккидал, кинабго батана мекъи гьабураблъун. Ретӏелги батана мекъаб, кваналеб квенги батана мекъаб, рагъа-рачариги батана мекъаб. Гьединал хӏужабаз годекӏабаздаги кьаби щвезабуна ва гьелги чӏороголъана.\nУмумузул аби буго годекӏаниб лъикӏаб жо бугила канахӏехьин абураб. Амма гьелъул магӏна жакъасеб гӏелалда лъаларелъул, гьелъул хӏакъалъулъги бицина. Магӏарухъ токги гьечӏеб, чирахъ бакизе нартги щолареб заманалда, магӏарулаз хӏалтӏизабулаан кан. Гьебги ккола гваргъун цӏа рекӏунеб цӏул. Годекӏаниб хабар бицунеб мехалда кверал квалквадизариялъул зарал букӏунарелъул, хӏатта имам Шамилил заманалда годекӏанир рукӏун руго хер чухӏулел ражихабицин. Гьединги пайда босулеб букӏун буго заманалдаса нилъер умумуз. Канахӏехьги гъоба букӏунила жамагӏаталъул гӏаммаб бетӏергьанлъиялда, гъобаса къваригӏарас гӏисинал чӏилал, цӏулал кескал къотӏун рокъоре росизе. Гӏемераб хабар бициналдасаги, мунагьал гьариялдасаги канахӏехьалде руссун рукӏин пайдаяблъун рикӏкӏунаан. Гьедин бижараб батилин ккола гьеб кици «годекӏаниб лъикӏаб жо канахӏехьин» абураб.\nХӏакъикъаталдаги, цебе тӏощелги жанибе буссараб, хур-херги гьабун лъугӏараб заманалда годекӏан букӏана ракӏгъеялъеги хӏухьбахъиялъеги гӏадамал руссунеб бакӏлъун. Гьанжейин абуни кинавго чи гъурщида хадув лъугьараб, цоцаде регӏулареб мех бачӏун бугелъул, годекӏабазулги къимат хвана."}
{"slug": "6979-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6979-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-01-28 06:45:54", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул пенсиялъул фондалъул пенсия чӏезабиялъул ва гьелъул хӏисаб-суал гьабиялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Гӏайшат Кӏудиямухӏамадовалъ.\nКазбек районалъул Гуни росулъа Гӏалица цӏехолеб буго: «Кӏудияб Ватӏанияб рагъда рагъухъабазе квен хӏадурарал богогьабазе хӏукуматалъ гьабулеб кинабгӏаги кумек-бигьалъиго букӏунищ?» — ан.\n— «Рагъул гӏахьалчи» абураб цӏарги, гьелъие хӏужалъун кколеб удостоверениеги Гӏалил батани, гьесие щола гьелда рекъараб гӏарацги (ЕДВ) ва рагъул ветераназе рихьизарурал бигьалъабиги.\nАмма рагъухъабазе квен хӏадурарав богогьан абун, хасгьабун гьесие щолеб гӏарацги бигьалъиги букӏунаро.\nХунзахъ районалъул Буцӏра росулъа Гӏабдулхӏамид Мухӏамадовас цӏехолеб буго: «2018 соналъул 31 августалда къватӏибе бачӏараб «Хӏакъикъаталда» (№34) бахъун букӏана Россиялъул президент В. В. Путиница халкъалде гьабураб хитӏаб. Гьелда хъван букӏана 30 ва цӏикӏкӏун соназ росдал магӏишаталдаги хӏалтӏарал, росулъ гӏумру гьабунги ругел ва кирниги хӏалтӏулелги гьечӏел пенсионеразе цо чӏараб страховияб пенсияги, гьелде тӏаде 25 процентги кьезе бугин. Гьедин гьабизе ракӏалдаги бугин 2019 соналъул тӏоцебесеб сентябралдаса байбихьун.\nДун ккола 42 соналъ росдал магӏишаталда хӏалтӏарав, гьабсагӏат хӏалтӏулевги гьечӏев, росулъ гӏумру гьабун вугев чи. В. Путинил хитӏаб цӏалидал бичӏчӏулеб буго, бугеб захӏматалъулаб пенсиялде тӏаде 25 процент кьезе кколеблъи дие. Гьелъул хӏакъалъулъ цӏехон пенсиялъул фондалде индал, гьез жаваб кьуна 5334 гъурщил 25 процент кколила 1333 гъурущ ва гьеб дуеги щванила. Бокьилаан гьез кьураб жаваб битӏараб бугищали лъазабуни».\n— Гӏабдулхӏамидица жинцаго жиндирго суалалъе тӏубараб жаваб кьун буго. Амма тӏадехун рехсарал чагӏазул захӏматалъул пенсиялде тӏаде 25 процент кьезе байбихьана, гьес абулеб 2019 соналъул тӏоцебесеб сентябралда гуреб, 2019 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. 25 процентги жубана, захӏматалъул пенсиялде тӏаде гуреб, пенсиялъул базовияб бутӏаялде (5334 гъурущ), 1333 гъурущ ккола гьелъул 25 процент. Хӏасил-калам, пенсиялъул фондалда дуе битӏараб жаваб кьун буго.\n«40 процентгӏан дагъистаниязе щвечӏо 2019 соналда хӏукуматалъул нухмалъулез пенсионеразе кьезе рагӏи кьун букӏараб анкьго процент гӏарцул. Гьелъие гӏиллалъун гьез рехсана захӏматалъухъ щолеб бищунго дагьаб гӏарцул къадар цӏикӏкӏинабичӏолъи. Гӏадатиял гӏадамалищ гьелъие гӏайибиял?»\n— Битӏараб буго, цо-цо пенсионеразе щвечӏо 2019 соналъул тӏоцебесеб январалда хӏукуматалъ индексация гьабизе бихьизабун букӏараб 7,05 процент гӏарцул. Гьеб щвечӏел чагӏи ккола бищунго гӏодобегӏанаб къадаралда (гӏумру гьабизе къваригӏунеб бищунго дагьаб) пенсия щолел гӏадамал.\n№49 федералияб законалда рекъон, 2019 соналъул марталда гьезул пенсиялъул хӏисаб (расчет) батӏайиса гьабуна ва, 2020 соналъул январалдаса нахъе хӏисаб гьабун, гьезие индексациялъул 7,05 процент гӏарцул пенсиялде тӏаде жубана.\n«Пенсиялъул фондалдаса нахъе босизе бегьулищ данде гьабураб (накопительная часть) пенсиялъул бутӏа? Бегьулеб батани, кибе хитӏаб гьабизе кколеб?»\n— Гьеб нахъе щвезе рес букӏуна хадусел шартӏазда рекъон:\n1. Херлъиялда бан пенсия чӏезабуралдаса нахъе яги чӏужугӏаданалъ 55, бихьинчияс 60 сон бан бугони;\n2. Лицевой счеталда данде гьабураб (накопительный) гӏарац бугони (гьел ккола 1967 соналъ гьарурал ва жеги гӏолохъанал чагӏи);\nДанде гьабураб (накопительный) гӏарац нахъе кьейин абун гӏарза хъвазе ккола пенсиялъул пачалихъияб фондалде яги МФЦялде. Жалго бетӏергьанал чагӏазул пенсиялъул фондалда гьеб батани, гьелъул нухмалъулесухъе.\n«Эбелалъул капитал сундуе хӏалтӏизабизе ихтияр букӏунеб? Гьеб мурадалда кибе хитӏаб гьабизе кколеб?»\n— Эбелалъул капитал хӏалтӏизабизе бегьула: мина-рукъ босизе яги базе, ракьул бутӏа босизе, рукъалъул шартӏал лъикӏлъизаризе, лъималазе лъай кьезе, лъималазул ахалде, сакъатаб лъимадуе къваригӏунеб жо босиялъе хвезабизе. Гьеб мурадалда хитӏаб гьабизе ккола пенсиялъул фондалде яги МФЦялде.\nКазбек районалъул Калининаул росулъа Гӏумалат-хӏажица цӏехолеб буго: «Дица подписка гьабуна бокьулеб газеталъе 2020 соналъе. Амма кватӏун гурони лъачӏо почалдаса гьабураб подписка хираго чӏолеб букӏин, ай подписка гьабуралъухъ почалъ босулеб буго 60 гъурущ. Дун гӏадал пенсионеразе 60 гъурущги гӏарац ккола. Бегьуларищ, почалдаса гуреб, цоги батӏиб къагӏидаялда подписка гьабизе?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна «Россиялъул почалъул» Дагъистаналда бугеб отделениялъул подпискаялъул отделалъул хӏалтӏухъан Жаният Гереевалъ:\n— Моцӏрое подписка гьабун почалъ босула 57,57 гъурущ. Гьел гъурщазул экономия гьабизе бокьаразе рес букӏуна редакциялдасаго подписка гьабизе, амма цӏалдолесухъе газета жибго редакциялъ щвезабизе ккола. Гьединго подписка гьабизе бегьула киоскалдасанги, гьелъ почхӏакъ босуларого, гьединлъидал цӏалдолесе подписка саламатго учузгоги чӏола."}
{"slug": "6981-status-gechiol-iyal-ul-kvalkvalal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6981-status-gechiol-iyal-ul-kvalkvalal", "title": "Статус гьечӏолъиялъул квалквалал", "date": "2020-01-28 06:57:30", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хасавюрт районалъул гочинабун гӏи-боцӏи хьихьизе кьун рукӏарал ракьазда буго Лъаратӏа районалъул росабалъа рачӏарал гӏадамаз гӏуцӏараб Журмут росу. Гьеб росдал гӏадамазе гӏумру-магӏишат гьабизе ругел захӏмалъабазул, жамагӏаталда церечӏарал масъалабазул, тӏуразе кколел суалазул хӏакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна рехсараб росдал бетӏерасул ишал тӏуралев ва гьеб росдал СПКялъул председатель Мухӏамад Мухӏамадовасулгун:\n— Мухӏамад, росдае кьураб Журмут абураб берцинаб цӏар киса бачӏараб? Чан чияс гьениб гӏумру гьабулеб бугеб, щиб миллаталъул чагӏи гьел кколел?\n— Цебе гьаниб букӏана 40-45 цӏараки, ай дагьа-макъал чагӏаз гӏумру гьабулеб лъаратӏисезул хъутан. 1990-1995 соназда гьанире гочун рачӏана Лъаратӏа районалъул Гъерел, Бетелда, Гъоркьнол, Горцӏноб ва Улгеб росабазул гӏадамал, гьез гӏуцӏана росу. Магӏарухъ тӏадехун рехсарал росабазда цебеса эхебе чвахулеб буго Журмут гӏор. Киналго разилъун, гӏагарал росабазулгун гьоркьоблъи-бухьен тӏечӏого букӏиналъеян, нижеца росдада лъуна Журмут абураб цӏар. Росулъ буго 280 цӏараки, гӏумру гьабун вуго 1300 чи.\n— Колхозалъул бакӏалда гьаниб СПК гӏуцӏун бугоха…\n— Цебе гьаниб букӏана районалда бищунго бечедазул мухъилъ рехсолеб букӏараб Ленинил цӏаралда бугеб колхоз. Гьелъул букӏана анлъазаргоялдаса цӏикӏкӏун гӏи-цӏцӏани, 170 бечӏчӏулеб гӏака, бекьулеб ракьул 480 гектар, харибакӏазул 700 гектар, 1800 гектаралда гӏалах, складал, МТФ, ОТФ ва гӏемераб техника. Гӏезарулаан могьолал культураби, хъарпуз, люцерна… Колхоз биххараб 2003 соналда, росдал щибаб цӏаракиялъе кьуна бекьулеб ракьул 1,5 ва харибакӏалъул 1,5 гектарал. Гьеб соналда колхозалъул бакӏалда гӏуцӏана СПК. Цебе колхозги, гьанже СПКги ккола тӏадехун рехсарал росабазул магӏишатал цолъун гӏуцӏараб.\n— Росдал гӏадамазул аслияб магӏишат щиб кколеб, сундаса бетӏербахъи гьабун гьел ругел?\n— Гьезул аслияб магӏишат ккола гӏи-боцӏи гӏезаби. Жалго бетӏергьанал чагӏазул буго бакӏалдаго хьихьулеб 800 чӏегӏерхӏайван ва 1200 гӏи-цӏцӏани. Гьединго гьез гӏезабула пихъ, овощал, руго бича-хисиялда ва ралел бакӏазда хӏалтӏулел чагӏиги.\n— СПКялъул председательлъун хӏалтӏулаго, щиб гьабун бажарараб духъа?\n— СПКялъул буго ракьул 2140 гектар, гьелдаса 408 гектар ккола бекьулеб ракь. Ижараялъул къотӏи-къаялги хъван, росдал 280 магӏишаталда гьоркьоб бикьун буго гӏалахги, бекьулеб ракьги. 40 гектаралда рекьула могьолал, 20 гектаралда гьабун буго бахча, 134 гектаралда хьан буго суданка, 32 гектаралда цӏоросаролъ, лъабго гектаралда охцер ва помидор, хутӏараб ракьалда – люцерна.\nХаслихъе Гъизляралъул базар овощаз цӏун букӏуна, гьединлъидал гьениб нижерго бачӏин бичизе ккола цӏакъ учузаб багьаялда. Бачӏин гӏезабиялдаса захӏмат буго гӏадамазе гьеб бичизе.\nСПКялъул буго 980 гӏи-цӏцӏани, 194 чӏегӏерхӏайван, гьезда гьоркьоса 105 бечӏчӏулеб гӏака ва хадур гӏолел жал.\nСПКялда хӏалтӏулев вуго хӏукуматалъе налог кьолев анкьго чи: кӏиго доярка, кӏиго вехь, кӏиго тракторист ва дун – председатель.\nАхираб кӏиго соналда жаниб дихъа бацӏцӏун бажарана магӏишаталда жанисан унеб каналалъул 15 километр ва 12 километралъул сангар. Гьединго кьолболъа рахъана хӏухьдул ва бацӏцӏад гьабуна ракьул 10 гектар. Гьелъул хӏасилалда бекьулеб ракьалда, харибакӏазда ва гӏалахазда гӏураб къагӏидаялда чӏезабуна лъалъалеб лъим.\nРакьул хважаин ккола ДРялъул Мулкалъул министерство. Гьелъ нижее изну кьоларо росулъ КФХ гӏуцӏизе. Гьединлъидал СПКялъ хӏисабалде росула жалго бетӏергьанал магӏишатал ва гьезухъа хӏукуматалъе бакӏарула ижарахӏакъ.\n— Хӏукуматалъул кумек щолищ СПКялъе?\n— СПКязе кумек гьабиялъул мурадалда хӏадурарал гӏемерал проектал-программаби руго Хӏукуматалъул: мелиорациялъе, гъутӏбуздасагун хъархъаздаса ракь бацӏцӏиналъе, пиринчӏалъул чекал хӏадуриялъе, ахихъанлъиялъе, гӏухьбузул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялъе, артезианалъул лъим бахъиялъе абун. Амма хӏукуматалдаги СПКяздаги гьоркьор руго Росдал магӏишаталъул управлениял (УСХ). Гьез жидеего босула рехсарал проектазе биччараб гӏарцудаса 50 процент.\nРайоналъул росдал магӏишаталъул управлениялъул аслияб хӏалтӏи ккола ижараялъе кьураб ракьалъухъ, каналал рацӏцӏиналъухъ, лъалъалеб лъехъ гӏарац бакӏари, гьезухъа СПКязе щолеб кумек щибго букӏунаро.\n— Токалъул, газалъул, нухазул рахъалъ гӏадамазул кинал гӏарзал ругел?\n— Бабаюрталъул токалъул сетазул хӏалтӏухъабазул аслияб иш ккола нижехъа гӏарац бакӏари. Гӏадамазул гӏемерал гӏарзал руго, бухӏараб токалъухъ гӏарац кьуниги, 20-30-50 азарго гъурщиде гӏунтӏун гьез тӏад гӏакӏаби къотӏулел ругилан.\n2019 соналда бачана 50 цӏаракиялде газ, хутӏаразул минаби газалдалъун хьезариялъе хӏалтӏи гьабулеб буго.\nРосдал жанисел нухал гьаруна ва къачӏана жамагӏаталъ, къватӏисан нухал гьариялъул иш Бабаюрталъул ДЭПалъ хадуб бехъерхъун тун буго.\nРосдада аскӏоб буго щуго артезианалъул буругъ, гьениса бачӏуна гьекъезе ва лъалъазе жамагӏаталъе гӏураб лъим.\n— Росдал гӏолохъабазул щиб хӏалтӏи бугеб? Гьекъел-мехтелалъул хӏасилалда гӏадлу хвезабиялъул хӏужаби рукӏунищ?\n— Контрактникал хӏисабалда, нижер росулъа гӏемерал гӏолохъаби рагъулаб хъулухъалда руго. Росулъ ругезул руго жалго бетӏергьанал магӏишатал, гьез гьарула СПКялъул сезоналъулал хӏалтӏаби.\nГьекъел-мехтелалъул, наркотиказул, цӏогьалъул гӏарзни киб гурин, хъалиян цӏалев чи росулъ гьечӏилан абизе бегьула. Гьеб ккола исламалъул баракат.\n— Росулъ хӏалтӏаби гьарулаго, дуце лъиде мугъчӏвай гьабулеб?\n— Гьаб зонаялда ругел Лъаратӏа районалъул росабазул хехаб кумекилан абула Гӏумаров Муртузида. Республикаялъул ва районалъул идарабазухъе ун, жамагӏатазул бокьараб къваригӏел тӏубазабула хӏалчӏахъадица. Къваригӏараб бакӏалда цере рахъунел росдал жамагӏатчагӏи ккола Имамов Тӏагьир, Гӏумаров Къурбанмухӏамад, Гӏалиев Асхӏабгӏумар, Гӏалиев Юсуп ва Мухӏамадов Мухӏамад.\n— Хъутабазда лъугьарал росабазул жамагӏатазул лъугӏиго гьечӏеб гӏарз буго росабазул статус гьечӏолъиялдалъун жидее гӏемерал квалквалал рукӏунин абун…\n— Гьелъул бищунго кӏудияб квалквал буго дие. Жамагӏаталъул гӏи-боцӏул къадар тартибалде бачине кӏолеб хӏал гьечӏо. Масала, низамалда рекъон, цо гӏака кваназе къваригӏуна гӏалахалъул цо га, жакъа росдал 800 гӏакаги гьезул бачалги (гьанир киданиги гьеб къадаралда гӏачи рукӏинчӏо) кваналел руго 460 гектаралда.\nГочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьалин абун, цӏакъ мукъсанаб гурони кумек щоларо районалъул ва республикаялъул хӏакимзабазухъа, хасго токалъул, нухазул, лъел масъалаби тӏуразаризе тӏадал хъулухъчагӏазухъа. Къокъго абуни, нижер зона хӏукуматалъ рехун тун буго.\n— Росу къачӏазеян абун хӏукуматалъ биччалеб гӏарац букӏунагури…\n— Зонаялъул росаби къачӏазе биччараб гӏарац гьанибе щоларо, гьеб уна Лъаратӏа районалда ругел нижер росабазул администрациязде. Дол росабазул бутӏрузухъа нижее щибха щвелеб? Нижее щолеб жо букӏуна рищиязда цебе депутатлъиялде вихьизавурав бечедав кандидатас кьурал гъурщал. Масала, арал рищиязда цо кандидатас нижер росдал школалъе кьуна 300 азарго гъурущ.\nНижер росабазе статус щвеялъе Лъаратӏа районалъул администрациялъ килщида килищ кӏутӏулеб гьечӏо. Рищиязда гьаркьал кьезе гурони, лъозие ниж къваригӏунаро.\nГочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьалда ругел росабазул статус чӏезабуни, нижер гӏадамазул гӏумру-магӏишат лъикӏлъизе буго киналго рахъаз. Жакъа ниж ккола нелегалазул статусалда ругел чагӏи. Масала, гьанив гьавурав ва 50 соналъ гьаниб гӏумру гьабун вугев дир рукъалъул я «зеленка» гьечӏо, я рукъалъул книжка гуро, гьединлъидал, законалда рекъон, бокьараб мехалъ дун рокъоса къватӏиве ва росулъа нахъе гъезе бегьула.\nPS. Гьебго хӏалалда буго гочинарун гӏи-боцӏи хьихьизе кьурал ракьазда гӏун бачӏунеб нусгогӏан росулъги ахӏвал-хӏал. Ракӏалде ккола гьеб ахӏвал-хӏал рукӏалиде бачӏинабиялъе республикаялъул нухмалъиялъ тадбирал ургъилин."}
{"slug": "6982-magiarull-i-khisun-batana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6982-magiarull-i-khisun-batana", "title": "Магӏаруллъи хисун батана", "date": "2020-01-28 07:59:34", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏияб соналда цересел къоязда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде вачӏун вукӏана, турист хӏисабалда Дагъистаналде щварав, Гуржиязул Тушетиялдаса Земо-Алвани росулъа Гьерекӏли Арабули. Дагъистаналде вачӏиналъул хӏакъалъулъ гьес бицана:\n— 1957 соналда Типлисалда букӏараб Закавказьеялъул аэрогеодезикияб предприятиялъ (АГИ) Грозный шагьаралда чӏей букӏараб 82-абилеб номералда гъоркь хӏалтӏулеб экспедициялда цадахъ Типлисалъул топографиялъул техникумалъул ункъабилеб курсалда цӏалулел ниж альпинизмалъул ва геодезиялъул производствияб практикаялъ ритӏана Дагъистаналде. Гьеб букӏана май моцӏ. Альпинизмалъул практикаялъ ниж ритӏана Хунзахъе. Гьаниб нижер рещтӏен букӏана школалъул минаялъуб. Экспедициялъул гьениб букӏараб партиялда цадахъ хӏалтӏун хадуб, геодезиялъул практикаялде нижер цо къокъа битӏана Къахӏиб районалъул Гӏурада росулъе. Экспедициялъул полуторка машинаялда Хунзахъа Гӏураде унелъул кьурулъан бахъараб квешаб нухдасан ана Авар гӏурухъе. Гьелъул квегӏаб рахъчӏван эхеде унелъул нухда батана лъикӏго цӏунараб гуржиязул православияб килиса. Гӏурада рещтӏун букӏана украинав Вельяминица нухмалъи гьабулеб геодезистазул партия. Гьезул чӏей букӏана росу тӏарада бугеб школалъул физкультураялъул учителасул бакӏалда. Дида мухӏканго лъаларо гьесда цӏар, Гӏалибулатищ, Гӏалиасхӏабищ букӏарабали. Гьесул мухьдахъ ккун бачараб чугун, кӏиабилеб къоялъ вачӏана геодезистазул партиялъул начальник Вельямин. Нижер аслияб хӏалтӏи букӏана 1942 соналъ рахъарал рагъулал топографиялъул картаби мухӏкан ва цӏи гьари. Мухьдахъ ккурал чуязда рекӏунги, лъелгоги ниж сверана Къахӏиб, Чӏарада, Лъаратӏа районазул мугӏруздагун щобазда.\nНижехъ кагътал рукӏана районазул, росабазул партиялъулгун советиял идарабаз нижее хӏажатаб кумек гьабизе тӏадаблъун гьабурал. Гьел кагътал цӏехолев чи кколароан, кире щваниги гӏадамаз ниж лъикӏ къабул гьарулаан, кумек къваригӏун бугищин, хӏажатаб жо бугищилан гьикъулаан.\nРакӏалда буго, Гӏурада ниж рещтӏун вукӏарав учителасул васасе лъимер гьабиги, гьеб тепсиялде ниж ахӏун рукӏараблъиги. Гьанже гьеб лъимадул (васищ, ясищ букӏарабали кӏочон буго) 62 сон букӏине ккола.\nНижеца хӏажатал нигӏматал росулаан колхозазул складаздаса, цо-цо мехалъ бакӏалъулал гӏадамазухъа.\nГьанже Махӏачхъалаялде щведал таксиялда рекӏун тӏоцеве дун ана Хунзахъе. Махӏачхъалаялда дун дандчӏвана Хунзахъа гӏагараб ракьалъул тарихги лъикӏго лъалев Хъазанбиев Гӏалибег абурав чигун. Гьесулгун гьуинаб, халатаб накъитги букӏана нижер. Гӏалибегица витӏана дун нужехъе, редакциялдеги. Гӏалибег ватана магӏаруллъиялъул тарих лъикӏ лъалев чи. Дунгоги вуго тарих лъазабиялда тӏад чӏарав чи. Гьесдасан дие тарихалъул рахъалъ цӏеханщинаб жоялъе мухӏканал жавабалги щвана. Бицана магӏарулазул некӏсияб тарихалдаса Кавказалъул бахӏарчи имам Шамилиде щвезегӏан заманалъул тарихалъул. Баркала гьесие.\n— Кинаб асарха дуе гьабураб гьелщинал сонал ун хадуб щвараб Хунзахъ росдаца?\n— Огь-гьой. Дун гӏажаиблъизавуна гьеб хисун бугеб куцалъ. Цебесеб Хунзахъ росдал бакӏалда дида батана мугӏрузда бугеб берцинаб ва кӏудияб шагьар. Гьечӏо дол ракьуца тӏокъарал тӏохазул минаби, къваридал къватӏал. Гьанже заманалъул минаби, тӏохазда махх, шифер, къватӏазда хъил. Хунзахъе щвезегӏан нухда буго хъил, гьенибги гьенире щвезегӏан ругел росабиги рихьараб мехалда, бихьулеб буго Россиялда гьоркьоб дагъистаниязул, магӏарулазул гӏумру «эркенаб» Гуржистаналдаса лъикӏаб ва ресалда бугеб букӏин. Цере магӏарухъе рукӏана чӏедерал хӏурул цӏурал нухал. Хунзахъе щвезегӏан нухда тӏун буго хъил, нухал руго гӏатӏидал, ран руго кьоял. Дун хӏикмат гьавуна нухда батараб халатаб туннелалъги.\nРетӏа-къайги хисун буго магӏарулазул. Цониги чи дандчӏвачӏо некӏсияб умумузул букӏараб ретӏел ретӏарав. Лъаларо Гӏурада кин бугебали. Гьениб букӏана дида цӏакъ берцин бихьараб, хасго руччабазул форма: халатал, тӏад гӏарац букъарал гордал, ботӏрода бухьараб кӏаз, гӏундузда тӏаде рачарал гӏарцул «наушникал» гӏадинал жал.\n— Гӏураде ине ракӏалда бугищ?\n— Сапаралъул заман лъугӏулеб букӏун, цӏияб соналде дун рокъове унев вуго. Аллагьас чӏаго хутӏани, дунял хинлъарабго, Дагъистаналде вачӏинеги ракӏалда буго.\nБокьун буго Гӏураде ва Цӏумада районалъул Хушетиве щвезе, 1958 соналда Чачаналъан мугӏруздасан рачӏун Хушетибги рещтӏун чанго моцӏ бана нижеца гьениб геодезистазул экспедициялда.\n— Дуца гӏезегӏан рацӏцӏадго рахъулел руго магӏарул мацӏалъул рагӏаби. Экспедициязда вугеб мехалъ лъарал рагӏабийищ гьел?\n— Гьедин лъикӏ дида магӏарул мацӏ лъаларо, абухъего, чед-цӏамалъе гӏураб жо гурони. Гьебги лъана жеги лъимерлъиялдаго, доба Тушетиялда. Рагъул заманалда ва гьелдаса цебе Цӏунтӏаса, Цӏумадаса, Чӏарадаса, Лъаратӏаса гӏемерал магӏарулал рукӏана Гуржиялъ бетӏербахъиялъе рачӏун. Цебегосеб заманалда гьенир чӏаралги рукӏана. Гьел рукӏана нижер Земо-Алвани росулъги. Гьитӏинал чагӏи ниж, магӏарулазул лъималгун цадахъ, рукӏунаан. Дир гьудулзабиги гӏемерисел магӏарулал, дир кьерилал рукӏана. Гьездасан лъалаан магӏарул мацӏги. Гьанже кӏочон тун буго.\n— Бихьулеб букӏахъе, мун гӏемер дандчӏван вуго магӏарулалгун. Гьезул рахъалъ дур кинаб пикру бугеб, кинал чагӏи ругел магӏарулал?\n— Къокъго абуни, ракӏ рагьарал, хӏилла-макру гьечӏел, гьудуллъиялъе, гьобол-гьудуласе рахъун чӏарал, божарал, кумекалъе кидаго хӏадурал, жидерго ватӏан, ракь хириял, щулаго жидерго дин ккурал чагӏи руго. Магӏарулал руго цоцалъ гъункараб халкъги. Гьелъие мисаллъун бачина нижехъ кӏудияздасан рагӏараб цебесеб биценги. Тарихалдасан нилъеда лъалаха магӏарулаз Гуржиялъе чабхъенал гьарулел рукӏараблъи. Чабхъенал гуржиязги, нижер тушазги, гьарулел рукӏун руго гӏорхъода ругел магӏарулазул росабалъе. Гуржиялъе лекӏал (магӏарулал) кӏанцӏани, Гуржистаналда гьеб кватӏун лъалаанила, лъаниги жидерго мал-мулк цӏунун чӏолаанила. Гуржиял чабхъад магӏарухъе кӏанцӏани, магӏаруллъи цадахъго къватӏибе бахъунаанилан.\nХадусеб сапаралда Дагъистаналде вачӏунелъул дица цадахъ росизе руго дол соназда магӏарухъ дандчӏварал, лъалел рукӏарал гӏадамазул, лъугьа-бахъиназул, магӏарухъе дун щварал росабазул, гьезул гӏумру яшавалъул хӏакъалъулъ гьарун рукӏарал интересал хъвай-хъвагӏаял."}
{"slug": "6983-gobol-vachiunareb-k-o-bachiungegi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6983-gobol-vachiunareb-k-o-bachiungegi", "title": "Гьобол вачӏунареб къо бачӏунгеги", "date": "2020-01-28 08:24:50", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нилъер щивасул буго гӏумруялъулги гӏадамазулги тӏехь.\nЗама-заманалдасан гьенире раккидал, нилъеда ратула цӏакъго хириял тӏанчалги. Унго-унголъунги гьезулъ батулебщинаб хинлъиха. Гьел мухъаз гӏажаибго берцинал накъищал угьун рукӏуна нилъер къисматалда. Гьалбадерил горсверуда бижун бачӏунебщинаб махсара-хочӏги рекӏелгъейги. Щибдай гьединаб берцинаб гӏадаталъул багьа! Анкьумумузго нилъехъе ирсалъе кьураб гьеб берцинаб гӏадат-гьобол къабул гьави — жакъаги тӏегьалеб буго. Гьоболасе гьабулеб адаб — гьеб ккола нилъер намусалъул тӏадегӏанлъиялда чӏвараб байрахъ. Гьеб парпалеб букӏуна, нилъер гӏумруялъе гьогьенги гьабулаго. Гьеб гьогьеналъул рогьеллъун ккола гьобол разилъи ва нилъее гьоболас кьолеб баркала. Нилъедаса гьесул разилъи – гьеле яхӏ-намусалъул тӏогь.\nБогӏол рокьи – гьеле гьеб горсверуда бижулеб хӏикматги. Гӏемер рагӏана умумуз такрар гьабулеб гьеб калам — богӏол рокьи. Амма жакъа дида ракӏалде ккола гьеб рокьи загӏиплъулебцин гьечӏодайилан. Гьеб мукъсанлъанагӏан, мукъсанлъулеб буго цоцазе кьолеб хинлъи, сунеб буго адабалъул нур. Богӏол рокьи цӏилъани, цӏилъизе руго дунялго бахилал нилъер гӏадаталги гӏамалалги. Беричлъаги, берцинлъаги нилъер гӏумруялъул тӏехь гьалбадерица гьенир хъвалел цӏи-цӏиял гьурмаздалъун. Гьанже гӏадал шартӏалги рукӏинчӏо дун гьитӏинаб мехалда гьоболасе, хасго магӏарухъ. Цохӏо рокъор жанир рега-рахъунги рукӏунаан. Хасало печалъуб беролеб цӏадухъ бокьулаан гӏенеккизе гьалбадерица рицунел кополал харбазухъги, лъугьа-бахъиназухъги. Доб мехалда пикру гьабулароан, гьанжейин абуни, зама-заманалдасан чӏвала печалъуб бухӏулеб букӏараб цӏадулги ракулги гьуинаб махӏ. Унго-унголъунги гьелъул гваргвариялде ракӏгъолеб букӏараб куц. Бокьулаан гьалбал рачӏине, гьел къабул гьаризе. Гьезги цадахъ босун бачӏунаан гӏажаибго берцинаб гогьаралъ гвангъизабураб рокьи. Гьеб букӏана гучаб рокьи, гьоболасда кодоб гурони чӏаголъулареб. Гьединаб рокьул цӏеги нилъер щивасул рукъзалги, ракӏалги, гӏумруги…"}
{"slug": "6985-zodor-kenchiolel-tsivabzazukh-gi-balage", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6985-zodor-kenchiolel-tsivabzazukh-gi-balage", "title": "Зодор кенчӏолел цӏвабзазухъги балагье", "date": "2020-01-28 08:36:04", "categories": ["insan"], "text": "Мурадис Салимханов гьавуна Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъ. 1989 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет. Хӏалтӏулев вуго адвокатлъун. 1999 соналдаса нахъе гьеб ишалда вуго Москваялда. Хӏалтӏулаго дандчӏварал батӏи-батӏиял гӏадамазул къисматазул хӏакъалъулъ хъварал «Биологиялъул учитель», «Тӏоцебесеб гӏазу» ва «Хӏожо» абурал къисабиги данде гьарун, дагьалъ цебе Москваялъул «Ватӏан» абураб басмаханаялда къватӏибе бачӏана хасаб тӏехь. Гьесулгун буго нижер гара-чӏвари.\n— Мурадис, сундул хӏакъалъулъ бицунеб бугеб дур тӏехьалда ва щай дуда ракӏалде ккараб художествияб асар хъвазе? Гьезие кьучӏлъун щиб кколеб?\n— Дирго хӏалтӏул хӏалбихьи, гӏумруялда дандчӏварал, ай дица ихтиярал цӏунизе хӏаракат гьабурал хӏакъикъиял гӏадамазул сипаталгун къисматал. Гьезул цо-цоял гьабсагӏатги чӏаго руго. Гьайгьай, руго авторасул тӏадежураялги. Дие бокьун буго гӏадамазда абизе: мех-мехалда нужедаго сверухъ балагьизе ккола, пикру гьабизе ккола гӏумруялда лъугьа-бахъунеб жоя-лъулги. Цо гӏакъилас абун буго: «Бищунго гӏодобегӏанасеб даражаялда гӏумру гьабулев чиясулги буго, наялде дандеккун, цебеккунго хӏисаб гьабизе, гьаризесел ишал къалмиде росизе бажари». Инсанасда тӏадабги буго гьедин гьабизе, щайгурелъул гьес жинцаго пикру гьабизе ккола букӏинеселъулги, жакъасеб хӏакъикъаталъулги, нахъа тараб гӏумруялъулги. Иммануил Кантица абухъего, гьесда батизе ккола заман, гьоркьо-гьоркьор зодор кунчӏулел цӏвабзазухъ\nбалагьизеги.\n— Кинаб жанралда хъварал асарал ругел дур?\n— Жакъасеб гӏумруялда релълъарал – гьел руго драмаялъул асарал. Масала, гьал къоязда «Черновикалъул» сайталда дида бихьана къварилъиялъ къвал барав инсул сурат. Гьес кодоб ккун ругоан полициялъулаз чӏварал васазул суратал. Дица хъварал къисабазул аслияб мурад буго гьединал хӏужабазде гӏадамазул пикру буссинаби. Жакъа дов вуго пашманго, метер дидеги рещтӏине бегьула гьединабго къварилъиян абураб жо бичӏчӏизе ккола щивасда.\n— Дур тӏоцебесеб тӏехьищ кколеб гьеб?\n— Тӏоцебесеб тӏехь къватӏибе бачӏана 2016 соналда азарго экземпляр тиражгун. Гьеб хехго бичун ана. Тӏехь цӏаларал гӏадамазул гьариялда рекъон, гьеб цӏидасан бахъана 2017 соналда. Гьебмехалда дихъе рачӏине байбихьана кагътал: цӏалдолез гьарулеб букӏана, аслияв багьадурасул къисмат кин ккарабали баян гьабулеб асар хъвайилан абун. Гьебго соналъул ахиралде хъван бахъинабуна дица кӏиабилеб тӏехь – «Тӏоцебесеб гӏазу». Гьебги бичун ба-хъана къокъабго заманалда. Дихъцин хутӏичӏо гьелъул цогӏаги экземпляр. Гьанжеги гьарана дида, хадусеб тӏехь хъвайилан. Дица хъвана ахирисеб бутӏа ва гьелда лъуна «Хӏожо» абураб цӏар – гьеб босана халкъияб биценалдаса.\n— Щай дуца тӏехь хъвараб гӏурус мацӏалда?\n— Бокьун букӏана магӏарул мацӏалда хъвазе. Амма рокъоса къватӏиве вахъарав чи ккола батӏияб культураялъул къвалакье. Рахьдал мацӏалда цӏалдолел гӏадамазул къадар цӏакъго дагьлъун буго. Гьединлъидал дида мекъаблъун бихьана магӏарул мацӏ лъаларел дагъистаниял гьениб бицунеб хӏакъикъаталдаса махӏрум гьари. Гьенир рехсарал лъугьа-бахъинал руго щивав дагъистаниясда хъинтӏулел, жалго цӏуниялъул мурадалда щивасда ричӏчӏизе кколел, щивасул рекӏелъ бусен лъезе мустахӏикъал.\nДица бажарухъе къокъ гьабуна сюжет. Жа-къасел гӏолилазе рокьуларо халатал къисаби.\n— Рахьдал мацӏалъ кинаб бакӏ кколеб дур гӏумруялъулъ?\n— Бицинеги, хъвадаризеги, цӏалдезеги лъала. Хъизамалдаги бицуна рахьдал мацӏ. Дида ракӏалда буго, Хунзахъ районалъул судалъул данделъи тӏобитӏулаан магӏарул мацӏалда. Туснахъ гьавиялъул хӏакъалъулъ хӏукмуги бахъулаан магӏарул мацӏалда ва хадуб буссинабулаан гӏурус мацӏалде. Амма жакъасеб хӏакъикъат тӏубанго батӏияб буго. Пачалихъиял идарабаздаги школаздаги – киса-кибего чучлъун буго рахьдал мацӏалде кьолеб кӏвар.\n— Гьанжесеб судалъул системаялдаса рази гьечӏел гӏадамал гӏемер руго. Судияс ришватал росулин, адвокатал гьезукьа бергьунарин абулел хӏужабиги дагьал гьечӏо. Дур пикруялда рекъон, щиб гьелъие гӏилла?\n— Ахираб 20 соналъул хӏасил буго гьеб. Судалъул система гьел соназда гӏуцӏана административиябгун командаялъулаб къагӏидаялда. Сахаб жамгӏияталъе хӏажатаб букӏуна ритӏухъаб суд. Жамгӏияталдаго ритӏухълъи гьечӏеб мехалда рес гьечӏо судаздаги ритӏухълъи батизе. Пуланав социологас абулеб буго, гӏолохъанал, цебетӏеялъе рес бугел гӏадамаз жалго жидецаго чӏваялъе гӏилла бугила, социалияб рахъалъ ритӏухълъи цӏунунгутӏи, букӏинеселде божилъи гьечӏолъи. Гьеб бичӏчӏарав чиясул я гьекъолдухъан вахъуна, яги гьев хола, живго жинцаго чӏван. Цӏунулел гьечӏо ихтиярал, чӏезабун гьечӏо ихтияразулъ ращалъи. Демократиялъе битӏараб къимат кьун букӏана Владимир Лениница: гьеб кколила бечедазе алжанлъун, мискиназе жужахӏлъунин абун. Нилъер улкаялда демократия гьечӏо, гьечӏо сундулго цебетӏей. Гьединаб хӏалалда кинаб ритӏухълъи букӏинеб судалдаги?"}
{"slug": "6986-dag-istanaldasa-lomonosov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6986-dag-istanaldasa-lomonosov", "title": "Дагъистаналдаса Ломоносов", "date": "2020-01-28 08:55:39", "categories": ["insan"], "text": "Исана январь моцӏалда 105 сон тӏубала физикиялгун математикиял гӏелмабазул кандидат, философиял гӏелмабазул доктор Халил Мухӏамадович Фатагӏалиев гьавуралдаса.\nХ. М. Фатагӏалиев гьавуна 1915 соналъул 21 январалда Гъуниб районалъул Кудалиб росулъ. Гьесул эмен Мухӏамад вукӏун вуго жиндир заманалда рекъон гӏезегӏан бажари-лъай ва гӏараб цӏали бугев, наибасул мирзалъун хӏалтӏулев чи.\n1924 соналда Халил ун вуго гӏагараб росдал байбихьул школалда цӏализе. 1927 соналда росулъ 3 классги лъугӏун, росдал школалда 4-абилеб класс букинчӏолъиялъ, гьев Салтӏа росдал школалде цӏализе уна. Гьениса лъаялде гӏашикъав Халил Гъуниб опорнияб школа-интернаталде цӏализе уна. Гьенив, 1926 соналда гьев восула комсомолазул кьеразулъе.\n1929 соналда лъикӏал къиматазда гьеб лъугӏарав цӏалул цевехъан Халил, ВЛКСМалъул райкомалъул\nбихьизабиялда рекъон, Гъуниб районалъул лъай кьеялъул отделалъ Х. М. Фатагӏалиев цӏализе витӏула Махӏачхъалаялда рагьараб индустриалиябгун экономикияб техникумалде. Гьениб ункъо сонилаб цӏалиги лъабго соналда жаниб лъугӏизабун, кӏудияб бажари букӏин якъинго киназего загьирлъана. Хасго цӏикӏкӏараб рекӏел цӏайи букӏана гӏолиласул тӏабигӏаталъул гӏелмабазде: физикаялдехун ва математикаялдехун. Гьединлъидал, 1932 соналда техникумги лъугӏизабун, гӏумруялъул 17 сон тӏубарав Халил Фатагӏалиев Москваялде М.В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб университеталъул (МГУ) физикаялъулаб факультеталде цӏализе уна.\n1937 соналда МГУялъул физикияб факультет лъугӏарав гьев, ректораталъул хӏукмуялдалъун гьенивго аспирантураялда цӏализе тола. Гьел соназда гьес печаталда рахъана гӏезегӏанго гӏелмиял макъалаби. Гьедин, тӏоцебе 1939 соналда басмаялда бахъана гьесул «Загӏипаб макъратӏисалъ плазмаялъе (электрикияб заряд бугеб атом) гьабулеб асар» /«О влиянии слабого магнитного поля на плазму/» абураб хӏалтӏи.\nФизикаялъулгун математикиял гӏелмабазул кандидатасул диссертацияги цӏунун, 1940 соналда гӏагараб ватӏаналде тӏадвуссарав гьев педагогикияб институталъул физикая-лъул кафедраялъул заведующийлъун тола. Кӏиго соналдасан, гьев тӏамуна гьеб институталъул директорлъун.\nРагъул соназда гьесда божилъи гьабуна КПССалъул Дагъобкомалъул отделалъул заведующиясул хъулухъ, 1946 соналдайин абуни гьев вищана партиялъул Дагъобкомалъул кӏиабилев секретарьлъун.\n1947 соналда Х. М. Фатагӏалиев вищула ДАССРалъул ва РСФСРа-лъул Верховныял Советазул депутатлъунги. Хадуб, гӏелмуялде гьесул бугеб гъира бихьун, гьев витӏула Москваялде, докторантураялде цӏализе. Халилие цӏакъ бокьулаан философия. Гьединлъидал батила, гьес хӏаракат бахъараб «Советияб физикаялъул гӏелмуялда диалектияб материализмалъе гӏоло къеркьеялъул тарих» абураб темаялда тӏасан докторасул диссертация хъвазе. 1950 соналъул декабралда гьес, гьеб темаялда диссертацияги хъван, гӏелмабазул докторасул цӏарги цӏунана. Гӏолохъанав гӏалимчи Халил Фатагӏалиев Москваялъул МГУялдаго хӏалтӏизе тола байбихьуда диалектикияб ва историкияб материализмалъул кафедраялъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун. 1953 соналда гьев тӏамула философиялъулабгун естественниял факультетазул кафедраялъул заведующийлъун ва гӏумруялъул ахирисел къоязде щвезегӏан гьенив хӏалтӏана.\nСССРалъул Гӏелмияб академиялъул членал-корреспонденталгун цадахъ лъугьун, гьесул нухмалъулеб кафедраялъ къватӏибе биччана «Тӏабигӏат лъаялъул философиял суалал» абураб, лъабго томалдаса данде гьабураб гӏелмияб хӏалтӏи. 1959 соналда гьесул хӏалтӏаби мустахӏикълъана М.В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб премиялъеги.\nХ. М. Фатагӏалиев гӏелмияб гьунаралъе мустахӏикъаб къимат кьуна къватӏисел улкабазул гӏалимзабазги. 1958 соналда гьев витӏун вукӏана Германиялде, философиялъул суалазда тӏасан лекциял цӏализе. Гьев кӏалъана Берлиналъул, Лейпцигалъул университетазул гӏалимзабазда цеве. Гӏенеккаразул ракӏалде щвеязда рекъон, Халилица лекциял цӏалулел рукӏун руго киналгӏаги хъвай-хъвагӏаялги кодор гьечӏого.\nХ. М. Фатагӏалиевас философиялъул гӏелмиял хӏалтӏаби руссинарун руго паранг, немец, ингилис, румин мацӏаздеги. Гьес нухмалъи гьабулеб букӏараб кафедраялъ къокъабго заманалда, ай 10 соналда жанир къватӏире риччана 350 гӏелмияб хӏалтӏиги 70 тӏехьги. Гьес жинцаго абуни хъвана 60-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Гьесул 1959 соналъул риидал басмаялда бахъизе кьураб «Тӏабигӏиял гӏелмаби ва жамгӏияталъул хӏакъикъиябгун хӏалтӏулаб кьучӏ» абураб ахирисеб гӏелмияб тӏехь къватӏибе бачӏана 1960 соналда, ай гьев хун хадуб.\nМашгьурал гӏалимзаби М. Шахпороновас, Г. Касавиница, К. Новосельцевас, П. Сивоница, Х. М. Фатагӏалиевасул пикрабазул гӏелмияб гъварилъиги бихьизабун, чанго хӏалтӏаби хъвана гьесул хӏалтӏабазулъ рагьарал философиялъул суалазул хӏакъалъулъ. Халил кколаан М. В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, РСФСРалъул Верховный Советалъул депутат. Гьесул гӏелмияб хӏаракатчилъи кӏодо гьабун букӏана «Захӏматалъул Багӏараб байрахъ» ва «Хӏурматалъул гӏаламат» орденаздалъун ва «Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бихьизабураб бахӏарчияб захӏматалъе гӏоло» ва «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» медалаздалъун. Х. М. Фатагӏалиев кколаан чанго гӏелмияб журналалъул редколлегиялъул членлъун, СССРалъул гӏелмабазул Академиялъул философиялъул Институталъул гӏелмияб советалъул членлъун ва КПССалъул ЦКялъул лекторлъун.\n1959 соналъул 23 октябралда ракӏалдаго гьечӏого Бакуялдаса Москваялде боржунеб букӏараб Ил-14 самолет, Внуково аэропорталда гӏагарлъухъ гӏодобе бортун бухӏиялъул хӏасилалда, гӏолохъанго, жеги 44 сонил ригьалда, абадиялъул рокъове ана гӏелмияб тарихалда бихьулеб лъалкӏ тарав гьунар бугев гӏалимчи Халил Фатагӏалиев. Доб 1959 соналъул 23 октябрь хӏакъикъаталдаги балагьалъулаб къолъун кканин абизе бегьула. Щайгурелъул Халил тӏад рекӏараб самолеталъе байбихьудасанго гьава-бакъалъ квалквал гьабулеб букӏиндал. Сталинградалъул аэропорталде 2 сагӏаталъ кватӏун щвараб самолет, гьениса Москваялде боржана. Внуковоялда рещтӏинеги кӏвечӏого, кӏиго сагӏаталдасан гьеб Сталинградалде тӏадбуссана. 14 сагӏаталъ хӏалхьи гьечӏого гьеб бачунеб экипажалъ нахъеги Москваялде сапар бухьана. Внуково аэропорталда рещтӏунеб гьеб, 20 метр борхалъи бугел гъутӏбузул караздаги хъван бортана ва самолеталда цӏа рекӏана. Экипажалъул щуго чи ва 23 пассажир, гьездаго гьоркьор рукӏана Халил Фатагӏалиевги композитор Сергей Агъабабовги, хвана. Чӏаго хутӏана гӏицӏго цохӏо чи.\nХалил Фатагӏалиев лъалев вукӏаразул рекӏелъ гьев хутӏана унго-унгояв гӏалимчи, гӏенеккаразул рекӏелъе бортулеб каламалъул, ракӏбацӏцӏадго жамгӏияталъе ва пачалихъалъе хъулухъ гьабурав хӏаракатчи хӏисабалда. Гьесул росуцояв Ахӏмадкъади Давудовас жиндирго «Фатагӏалиев ракӏалде щвеялъе» абураб кочӏолъ хъвалеб буго:\n«Халил, дур кьерилал\nгӏунтӏун тӏилалгун\nРосдал годекӏабахъ харбида руго;\nАралъул, таралъул, букӏинеселъул\nБицунеб буго гьез заман иналъе.\nЦо нухалъ дур бицун\nхабар ккарабго,\nХерав кудалисес берал рацӏцӏана;\nХадубго разияб рекӏел асаргун,\nГьес дур гӏумруялъул\nсурат бахъана.\nДур гӏумруялъул нух –\nгӏелмуялъул нух,\nДур захӏматалъ бараб\nнигӏматалъул ах,\nГьаб Дагъистаналъул\nгӏолел гӏелазе.\nГӏемерал гӏасрабаз\nмисаллъун чӏела.\nДур гӏумрудул гама\nгӏелмудал ралъдалъ\nЛъедана — дуниял хӏайран гьабуна;\nГьелъ кьураб канлъуца\nгӏалам боххана,\nГӏакълу камилав мун\nхалкъалда лъана.\nДагъистаналдаса Ломоносовин\nБукӏана дуе кьун\nмашгьураб тӏокӏцӏар,\nКибего рагӏарав гӏалимчиясул\nШапакъат тӏоцебе дуе хӏакълъана.\nХалил, паркъун араб къокъаб\nдур гӏумру,\nКъокъидго къотӏараб\nихдал хӏанчӏил кечӏ.\nДуца нахъе тарал хӏикматал ишал, —\nДагъистан бохизе\nхутӏарал лъалкӏал»…\nГӏелмияб тарихалда бихьулеб лъалкӏ нахъе тарав ва халкъалъ жидеда «Дагъистаналдаса Ломоносов»-илан абулев вукӏарав кӏудияб жаналъул инсан Х. М. Фатагӏалиевасул хӏурматалда гьев хӏалтӏулев вукӏараб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул азбаралда лъун буго мазгарул бюст. Гьесул цӏар кьун буго ДГУялъул физикияб факультеталъул гӏелмияб лабораториялъегун гьев цӏалулев вукӏараб Гъуниб райцентралда бугеб школалъе."}
{"slug": "6987-zhak-aseb-k-oyal-ul-k-varidab-sarin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6987-zhak-aseb-k-oyal-ul-k-varidab-sarin", "title": "Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин…", "date": "2020-01-28 09:04:00", "categories": ["insan"], "text": "Гьедин абун ругьунлъун руго нилъ. Мурадис Салимхановасул тӏехьалъе гьел рагӏабаздалъунцин бажаруларо къимат кьун. Абизе бегьила, гьениб баян гьабулеб бугин жакъасеб къоялъул биялъ белъараб, магӏилъ къаламги ччун хъвараб, чанги хъизамазул къисмат бульдозералъ чӏинтӏараб хӏакъикъатин абун.\nТӏехь цӏализе байбихьараб сордоялъ дида макьу щвечӏо… Магӏарул росулъ биология-лъул дарсал кьолев вукӏарав учитель вачун уна пуланал гӏадамаз. Гьесда бихьараб гӏакъуба-гӏазаб хӏехьон бажарулеб жо гуро. Гьесул гӏащтӏичагӏицин гӏажаиблъун хутӏула гьесул къохӏехьеялда. Канлъукъав учитель беццлъизе дагьав хутӏула. Гьесул ургьиб хутӏуларо цониги сахаб лага. Кигӏан гӏазаб кьуниги, гьев мутӏигӏлъуларо. Гьаб гӏакъуба хӏехьезегӏан, хунго лъикӏан вукӏуна гьев. Амма гьесул ракӏ гӏасилъуларо. Туснахъалда дандчӏваразул ракӏбатизабула гьес. Гьезул «гӏумру» бигьа-лъизабизе хӏаракат гьабула. Кигӏан согӏавги чиясулъ лъикӏал рахъал ратун бажарула гьесухъа: «кьижун, гъапуллъун» бугеб гӏаданлъи борчӏизабула, гурхӏел гьабизе тӏамула. Кин бугониги, хваликьа ворчӏуларо гьев.\nСалимхановасул асаралъул багьадурасул цӏар билула. Щибаб къоялъе батӏияб цӏар ургъула гьес. Гӏакълу-лъаялдаса ун гуро – низам цӏунулез ургъараб системаялъе инсанасул цӏаралъулги къадру-напсалъулги батӏалъи гьечӏеблъи бичӏчӏун. Мухӏамад вугониги, Гӏусман ватаниги, школалъул учитель яги рохьазда вахчарулев хъачагъ – системаялъул къорикье ккарав чи гьелъул зулмуяб къуваталъукьа ворчӏизе рес гьечӏо. Гьединлъидал цӏодорго рукӏине ккола. «Дица законалъул тӏалаб хвезабичӏин, ракълилаб гӏумруялъул вакил вугин дунан» абун кигӏан мун ахӏданиги, духъ гӏинтӏамуларо. Нилъ кантӏизаризе хъвараб къиса буго гьеб.\nКантӏизе ккола, мадугьаласулъ жахӏдаги букӏун, гьесул хӏакъалъулъ гьал-дол харбал рицунеб мехалда, гьел харбазул хӏасил кинаб букӏинебали лъаларелъулги. Кантӏизе ккола, мегеж халат гьабун, дове-гьаниве хьвади гӏемерлъун, гӏолохъанав вас рукъалдаса рикӏкӏалъулеб мехалдаги. Кантӏизе ккола, исламалъул нухккуравин, диналда тӏадчӏей бугевин абун, яс ригьнаде кьолеб мехалдаги. Кантӏизе ккола, уголовнияб дело рагьиялъул мурадалда (ай гьеб рагьанин абун, погоналда цӏва жубаялъул хьулалда) туснахъалде ккарав чиясе гӏакъуба-зулму гьабулеб мехалдаги. Метерисеб къоялда щиб бихьизе хъван бугебали лъиданиги лъаларелъулгӏаги, кантӏизе ккола.\nАбичӏого гӏоларо, гьединаб тӏехь хъвазе хӏажалъула бахӏарчилъигун бихьинчилъи. «Адвокатлъун хӏалтӏулеб заманалда, пуланаб судалде, чӏванкъотӏараб идараялде гӏемерал кагътал, хитӏабал, гӏарзаби хъвана дица. Гьезул аслияб мурад букӏана гӏайибго гьечӏел гӏадамазул рахъалъ ритӏухълъи цӏунулеб гьечӏолъи загьир гьаби. Хьул букӏана дир гьаракь чарагьечӏого рагӏиялде – ишцоязда, гьудулзабазда, инсанасул къисматалъул пикру гьабулезда. Заманалдасан дида бичӏчӏана, дир ахӏиялъул хӏасил кколареблъи. Гьанже дир тӏахьал руго киналго гӏадамазде гьабураб хитӏаб. Инсанасулги гьесул къисматалъулги багьаго гьечӏо, гьоркьохъел гӏасрабазул заманги нахъа тун, XХӀ гӏасруялда гӏумру гьабулел нилъ ругониги. Жакъа нилъ ккараб бакӏги буго, цебехун жеги цо гали бахъани, нилъ кӏкӏалал тӏинде рортиялъе хӏинкъи бугеб гӏорхъи. Биччанте болъоялде (хабалалъе жаназа босулеб молоде – К.С.) нужер сапар бигьалъизе!» — ян хъван буго авторас."}
{"slug": "6992-andagudurgi-kh-vana-kh-ala-giadab-ruk-gi-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6992-andagudurgi-kh-vana-kh-ala-giadab-ruk-gi-shchvana", "title": "Андагудурги хъвана, хъала гӏадаб рукъги щвана", "date": "2020-01-28 10:19:47", "categories": ["bakikos"], "text": "(Эбелаб гара-чӏвари)\nБицунеб хабарги, гьабулеб ишги, хъвалеб асарги гӏицӏго жиндиего хасиятаб, сверухъ ругезулалдаса батӏияб, цо-цо мехалъ хваниги нилъ хадур гъолареб, нилъеда бичӏчӏулареб букӏуна магӏарулазул бищунго пагьму-гьунар бугел хъвадарухъабазул цояв Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасул.\nГьесул цо «Гӏодобнакӏкӏ» гӏеларищ гӏалам кантӏизе?!\nГьаб Цӏияб соналъул сордоялъ ккараб нижер хабар-кӏал кӏутӏун къалмиде босана дица.\n— Газик, кинаб букӏараб дуе басрияб сон?\n— Пьеса хъвана – «Андагудур».\n(Гьединги абун, цо цӏодораб куцги гьабун, чӏваркьан дихъ валагьун чӏана авар адабияталъул чӏалу гӏадав Гъалбацӏов).\n— Тӏубараб лъагӏелищ гьеб Андагудуралда тӏад араб?\n(Гъазимухӏамад велъанхъана. Гьесда бичӏчӏана дир суалалъулъ «гьаб цӏаргӏаги киса щвараб, гьадигӏан цӏакъаб, цӏалдолезеги щай рагьулареб гьелъул гъварилъи» – ян абураб пикру букӏин. Амма гьеб бичӏчӏизабизе лъугьинчӏо – лъикӏаланго заман хӏажалъулила гьелъул гъварилъи-гӏатӏилъи, ай рагӏа-ракьан цӏехезе ккани).\n— Тӏубараб лъагӏел инищха, амма дие гьеб аслияб жо букӏана араб соналъ… Квартираги щвана, гьеб жо хъвачӏого те.\n— Гьебали, бокьун батичӏони, хъваларин, чура- хули букӏунарищ?\n— Чурулеб рукъ гуро, ремонт гьечӏо жаниб вабще…\n— Часни бакӏищ, секцияйищ? Комнатагӏаги чан бугеб?\n— Секция, канешно. 3-х комнатни. Комнатаби хъвачӏониги бегьила – чан чекист вугев гьаб дунялалда.\n— Кигӏаналъе босараб?\n— Босичӏо, пачалихъалъ кьуна.\n— Цо гьединаб сахаватаб пачалихъ ниже-нижееги кисандай щвелеб?\n— Гьеб щивасул пагьму-гьунаралда бараб жо буго.\n— Араб соналъ бищунго мун вохизавурабги, бищунго мун пашман гьавурабги кӏиго яги чанго лъугьа-бахъин?\n— Бищунго пашман гьавуна, бахчун щибилеб, гьадаб дуца риидал диде хъвараб Рагьараб кагътица. Килщал рортун айгийин дур.\nБищун вохараб жо – Мухӏудада Дагъистаналъул парламенталде вищи.\n(Гьев велъана ва дида бичӏчӏана гьеб Рагьараб кагътида хурхараб чара хвараб релъи букӏин).\nЦогиги вохизе ккараб лъугьа-бахъин – лъикӏай гӏаданалъулгун лъай-хъвай ккана.\n(Гьанжесалалъ дун велъана – дагьал руччабазе зурма пурав чи гурелъулха господин Гъалбацӏов!)\n— Гьеб кинабго бичӏчӏана, гьанже бице гьаб ахираб заманалда пьесабазде ваялъе гӏилла щиб? Дун мекъи ватичӏони, гъоркьисала дур кӏигониги пьеса лъуна Авар театралъ.\n— Кутакалда захӏматаб жанр буго драматургия. Дир рес букӏарабани, дица адабияталде вачӏуневщинав гӏолилав тӏамилаан пьеса хъвазе- хъвадарухъан вугищ – гьечӏищали лъазе. Гьелъ бицуна ва борцуна кинабго.\nДие цӏакъ бокьула драматургия.\nХӏакъикъаталдаги, театралъ ахирисеб кӏиго лъагӏалида жаниб дир кӏигониги пьеса лъуна. Лъабабилеб лъелищали лъаларо…\n— Дур Андагудурги лъечӏеб щибгӏаги гьез лъелеб?\n— Лъаларо…\n— Дуе бищун рекӏее гӏолев хъвадарухъан ва поэт?\n— Чӏагоязда гьоркьосайищ, хваразда гьоркьосайищ яги чӏагого хварал бездаразда гьоркьосайищ?\n— Батӏалъи гьечӏо.\n— Бездарал дие хронически рихарал руго. Бищунго рокьулел – Хӏамзатги Расулги.\n— Гӏолохъаназда гьоркьоса?\n— Гъалбацӏов…\n— Цӏияб соналъе дур ругел планалищ гъол, къасдалищ яги анищалищ?\n— Маргьабазул тӏехь хъвалеб буго. Гӏурус мацӏалдаса таржама гьабураб цо-кӏиго тӏехьги буго кинго басмаялде бахъизе кӏоларого. Хъалиянги тезе буго.\n— Хъалиянали лъаларин, гьекъолеб жо кида тезе бугеб?\n— Гьелда хъваге, букӏухъе те.\n— Араб соналъ бихьараб, ракӏалда чӏараб макьу – дида лъала дуца гьел «ракӏарулел» рукӏин?\n— Букӏана гьеб гӏамал – рихьа-рихьарал макьаби хъвалеб, гьанже хъвалелги гьечӏо, ракӏалдаги чӏолел гьечӏо.\n— Щиб ккараб?\n— Щибаб къоялъ цого бакӏалълъ гуро ворчӏулев вукӏарав басрияб соналъ.\n— Исанагӏаги пачалихъалъ кьураб хъала гӏадаб секциялда, ай цо бакӏалълъ ворчӏилародай?\n— Гьеб мехалда кьезе кӏочонге гьеб. Лъикӏаб суал бугин.\n— Цӏияб соналъ магӏарулазе щиб гьарилаан?\n— Гьарила цӏураб бакъвараб гьанги, цӏияб кьарияб гьанги, бацӏцӏадаб гӏаракъидул шишаги, гьуинаб хабарги. Цойги: 1 январалъ рорчӏараб мехалъ, исана жиндир сапожки гьечӏин, шуба босичӏин, Гӏалил, Гӏумарил гӏемераб гӏарац бугин, гьединалщинал гӏантал пикрабиги гъоркьан риччан, Борис Ельцин лъикӏав гьечӏин, исанаги Жириновский ворчӏанин, гьединалщинал пикрабиги тӏасан риччан, бихьинал бихьинал гӏадин, цӏуял цӏуял гӏадин рукӏине бокьила Цӏияб соналъ!\n— Дир бакӏалда щиб суал дуцаго дуего кье-лаан?\n(Щибго ургъичӏого, бачӏинахъего). Гьаб интервью дицайищ чурилеб, дуцайищ?\n— Жавабги кьеха дуцаго…\n— Босарас чуризе ккелаха!\nГъалбацӏовасул гьеб заключителни калимаялдаса хадуб, 1995 соналъул ахирисеб сардилъ, ахирисел гъурщалги кьун, дица босана бацӏцӏадаб гӏаракъидул цо сурахӏи.\nЦӏияб сонги цоцада баркун, тӏолалго магӏарулазе сахлъабазул гохӏги гьарун, гӏезегӏан гарамал риччана нижеца.\nИкъбалалъ нилъеда къвал бараб, къадарлъиялда нилъеца мал бараб батаги, гьудулзаби, гьаб 1996 – абилеб сон!"}
{"slug": "6993-matkapital-bokun-rokigo-shchajze", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6993-matkapital-bokun-rokigo-shchajze", "title": "Маткапитал бокьун рокьиго щайзе…", "date": "2020-01-28 11:19:04", "categories": ["bakikos"], "text": "Виччанте, Чамасдак, чирахъ бакизе,\nБекулеб бугин гьод гьаб нагрузкаялъ,\nРещтӏа гӏодой, чӏужу, чӏван лъунин дир черх,\nЧияца чӏваясул Указ сабаблъун.\nГьанже харадуниб херлъарав дие\nХабалъ босизейищ ханасул гӏарац?\nХерлъун тату хварав тухьулиясе\nМаткапитал бокьун, рокьиго щайзе?\nРукьбузда нур ссварав субалучасе,\nПутинил кепкаца кепго кьеладай?\nКьаву чӏвараб туманкӏ, ишан ккунилан,\nУнго, кьвагьиладай, гӏужда щвеладай?\nДун — идиотасул речӏарал лугби,\nКапитал кьунилан цӏилъун рачӏинищ?\nКьиндалил хух гӏадай гванзай лъадуца\nМолода лъеладай мехго щвелелде?!"}
{"slug": "6994-shchib-ditsa-bitsineb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6994-shchib-ditsa-bitsineb", "title": "Щиб дица бицинеб…", "date": "2020-01-28 11:21:45", "categories": ["bakikos"], "text": "Щиб дица бицинеб нужей, аварал —\nАваданлъи гьечӏеб гьаб гӏумрудулищ,\nГӏурулъе рортарал тӏамхал киниги,\nТӏерхьун унел ругел гьал соназулищ?\nЩиб дица бицинеб дуе, дир миллат —\nРагӏи бичӏчӏулареб гӏантлъиялъулищ,\nГӏаданлъи-яхӏалъул махӏ хутӏичӏезе,\nЭхетун хъат чӏвалеб заманалъулищ?\nЗарул къуват бугез тӏалъиги босун,\nТӏатӏала ккун унеб улкаялъулищ,\nЯги кочӏол къимат хӏатӏикьги мерхьун,\nХӏалихъе рахъарал пуэтазулищ?\nБетӏер унтизегӏан тӏад ургъаниги,\nТӏубан ракӏ бохизе хис-басго гьечӏо,\nГьидалъа Хочбарги, хирад Имамги,\nАхӏуд ун къанщарал наибзабиги..\nЩиб нужей бицинеб, чӏагоязда гъорлъ\nЧӏчӏеларин угьдилеб ракӏ бугей дица?\nМекълъигун тӏекълъиялъ лъукъ — лъукъарай дир,\nРагӏи хутӏун гьечӏо, магӏу гурони!"}
{"slug": "6995-chajka-vorzhun-ana-zhegi-chan-vugev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6995-chajka-vorzhun-ana-zhegi-chan-vugev", "title": "Чайка воржун ана, жеги чан вугев?!", "date": "2020-01-28 11:28:18", "categories": ["bakikos"], "text": "Эбелав хӏакимасул хӏунсулеб хитӏаб\nМашааллагь, исанасеб жиндирго Хитӏабалда улкаялъул хирияв ва даимав бетӏер Володя Путиница битӏахъе цӏам ххинабуна, бюджеталъул тӏину гьечӏеб ралъдалъ битӏахъе ччугӏби гӏадин лъедолел рукӏарал, рикӏкӏен гӏемерал чиновниказда.\nБайбихьана таманал соназ рухӏалда барахщичӏого жиндиргун рукь цӏалев вукӏарав улкаялъул премьер, Питералъул профессор Дмитрий Медведевасдаса.\nДунялалда бугебщинаб магӏи-шатги щванила дуе, Дима, щибго камураб жоги хутӏичӏила гьаб гӏумрудулъ, Россиялъул Президент вищулелъул кинабгӏаги рокировкаги букӏине гьечӏила тӏокӏаб, гьанже парахат улкаялъул безопасность абураб жоги цӏунун, ацида аскӏов вукӏайилан лъазабуна ВВПяс ДАМедида, Хӏукуматги кодоса бахъун.\nКиналго министералги чӏезаруна, ИО-йилан цӏакъ рокьукъаб цӏарги кьун, цӏерда хӏамул гӏадин.\nГьанже цойги цӏияб хабарги щвана Кремлиялъул гьундузухъа — гьадав хӏанчӏил цӏар бугев Генпрокурорги воржинавун вугила хъулухъалдаса. Амма квеш ккараб жо — Северо-Кавказский округалъул кӏудиявлъун «воржун» вуго. Ай хутӏаралги бюджеталда кӏутӏулел Кавказалъул «игитал» Лефортовалде ритӏизе.\nБагӏаразул командир Колокольцевасул гӏинда кида цӏумур балебали лъалев чи пока улкаялда гьечӏо.\nХъулухъалъулаб чодаса рещтӏин-чӏого церехун ине бегьулел министрзабазда гьоркьов бахьикъосарал экспертаз рикӏкӏунев вуго кӏиго гигант, кӏиго Сережа-дипломатияб хӏаракатчилъиялъул акула Лавровги лебалав рагъулав комиссар Кужегудиновичги. Ай машгьурав Шойгу.\nТӏупун лъураб накӏкӏ рещтӏун буго сахлъи цӏуниялъул, культураялъул, экономикаялъул ва гь.ц. министрзабазул бутӏрузда тӏадги.\nПалхӏасил, Путинил революционнияб Хитӏабалдаса хадур «тӏогьолаб» гӏумруялдаса ратӏалъизе бегьула Хӏукуматалъул кормушкаялда рукӏарал киналго чиновникал.\nЯ, бетӏергьан Аллагь, Москваялъул репормаби республикаялдеги щвагиха.\nАмин!"}
{"slug": "6996-kh-akhiabrosul-a-khiasanov-mukhiamadie", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6996-kh-akhiabrosul-a-khiasanov-mukhiamadie", "title": "Хъахӏабросулъа Хӏасанов Мухӏамадие", "date": "2020-01-28 11:30:50", "categories": ["bakikos"], "text": "Гарбида, каранда килищ кӏутӏизе,\nКибго бакӏ тун гьечӏо килас-медалаз.\nКодоре ккун ругел кубокацаги,\nКинабго дур гьунар бицунеб буго.\nДуе кири хъваяв хъахӏабросулъев,\nХъитӏараб хъурайсин лъе бетӏералда.\nХъулухъ бикьулелъул Гъойсубуливе,\nУргуялда жеги мугъги бихьичӏев.\nХъван кагъат кодоб кьун\nрегӏизе вугин.\nГьав вугин речӏчӏухъан,\nчӏчӏел чидахъ течӏев,\nГьасул гьунаралда рекъараб хӏалтӏи,\nХӏакимзабазда гъорлъ\nкьезе ккелилан."}
{"slug": "6997-partiyal-ul-tso-tso-pajdagi-kamularoan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6997-partiyal-ul-tso-tso-pajdagi-kamularoan", "title": "Партиялъул цо-цо пайдаги камулароан", "date": "2020-01-28 11:32:42", "categories": ["bakikos"], "text": "Калининаулалдаса Махӏач жиндирго цо хъулухъалъ райцентралде Дилималде уна.\nГьенив цоязулгун къец ккун, хабар кьогӏлъун, кьабгӏезе ккола. Жив бергьунареблъи бичӏчӏарав Махӏач, цо лъикӏаб хӏалалъ гьезул цоясда зарги щвезабун, гьениса лъутун унев вукӏуна.\nГьев хъахӏаб горде ретӏарав кквеянги ахӏдолаго, гӏолохъаби гьесда хадур лъугьуна.\nМахӏач виххичӏого жиндаго цере ругел гӏадамазде ахӏдола, цебехун килищги битӏун, доле доб хъахӏаб горде ретӏарав кквеян. Живгоги гъол хадур лъугьунел гӏолохъабигун цадахъ вугин ккезе.\nГьедин, щив кквезе кколевали лъачӏого рихха-хочарал гӏадамал рекӏеда ратилалде, Махӏач цебе батараб КПССалъул райкомалъул минаялде жаниве кӏанцӏула.\nЩиб ккарабан гьениб цӏех-рех гьабидал, «Валлагь кканаха цо кӏалъай гӏолохъабазулгун, гьез бицараб квешабщинаб жоги хӏехьана, хадуб эбелалде абурабги хӏехьана, амма партиялде чорокаб рагӏи абидал, гьеб хӏехьезе кӏвечӏо ва гьел гӏолохъабигун кьабгӏезе ккана гӏагараб партиялъе гӏоло»,- ян жаваб кьола Махӏачица.\nГьес бицаралда божун, партиялъул хӏалтӏухъабаз Махӏач хадур рачӏунезул ццидадаса цӏунула.\nГьедин цо-цо пайдаги камулароан партиялъул."}
{"slug": "6998-kislovodskiyaldasan-bakhik-osalde-privet", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6998-kislovodskiyaldasan-bakhik-osalde-privet", "title": "Кисловодскиялдасан «Бахьикъосалде» привет:", "date": "2020-01-28 11:40:54", "categories": ["bakikos"], "text": "Эбелав авторлъиялде кандидат\nНарзан ваннаби гьарун,\nНарзанияб лъим гьекъон,\nКъаркъаладуй кеп ккана\nКутакалда рекъолеб.\nРада-радал, мачӏикьго\n«Кьили» магӏарде рахун,\nХехаб рилълъин гьабидал,\nМащаби щулалъана.\nШахил кверазул махщел,\nМассажалъул рекъонккей –\nКъоялъ векераниги,\nКуй биххуларо чорхол.\nЧи вихьани, вохула,\nХинаб гьоркьоблъи ккола,\nГьава-бакъалъул бицун,\nКъоял нухда тӏамула.\nТӏубан рахӏаталъул кеп –\nКисловодскалъул тӏалъи,\nТӏаде нухалъ рачӏине\nЧӏванкъотӏун хӏукму ккана."}
{"slug": "6999-magiarul-liza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6999-magiarul-liza", "title": "Магӏарул Лиза", "date": "2020-01-28 11:44:02", "categories": ["kultur"], "text": "Хъвана 2019 соналъул ноябралда,\nЕлизавета Семенюк гьаюралдаса 105 сон тӏубаялде\nМахӏачхъала. Редукторазул авал. Дун Ак-гёль хӏорил рагӏалда «Гӏурус мугӏалималъе» эхетараб памятникалда цеве. Букӏун батиларо Дагъистаналда гӏурус мугӏалималъ лъалкӏ течӏеб бакӏ. Лъикӏал рагӏабаз ракӏалде щвезарула ва жакъаги баркала кьола гьезие чӏахӏиял гӏелазул гӏадамаз.\nНилъер рахьдал мацӏ тӏагӏиналъе хӏинкъи бугеб гьаб заманалда дида ракӏалде ячӏана, бащдаб гӏасруялде гӏагарал соназ лъалей йикӏарай Патӏимат. Школалда цӏалулев мехалдаго йихьана ва лъана дида гьей хӏалимай, гӏакъилай, лебалай, бажари гӏурай ва хӏаракатай магӏарулай. Дир гӏолиллъиялъул рикӏкӏадал саназда комсомолалъул райкомалъул кӏиабилей секретарьлъун, хадуй тӏоцеесейлъунги ячӏарай гьелдасанги щвана нижее гӏуцӏарухъанлъиялъул дарсал.\nХадуб къисматалъ лъикӏал бухьенал ккезаруна гьелъул тӏолабго хъизан-гӏагарлъиялъулгунги. Ракӏбацӏцӏадай, нухмалъиялъул хӏалбихьи щварай, гӏуцӏарухъанлъиялъул махщел камилай, иш лъалей ва гӏаданлъи бугей Патӏиматида дандбазеги, цӏехезеги, бицинеги жо кидаго камулароан.\nАхиралда гьей хӏалтӏана районалъул администрациялда. Гьеб идараялдаги Патӏимат йикӏана хӏалтӏул аслияб бакӏлъи баччарай хъулухъчӏужулъун. Кидаго, щиб хъулухъалда йигониги, гӏемераб пайдаяб хӏалтӏи гьабуна гьелъ район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъе.\nХерлъиялъул заман тӏаде щвелалде гьей, ракӏалдаго гьечӏого, гӏумруялдаса ана. Нижедаго гьоркьоб ккараб цо гара-чӏвариялда дица гьелъие рагӏи кьун букӏана, кида бугониги, гьаб асар хъвазе. Хутӏичӏо гьей, мунагьал чураяй, къиса цӏализе…\nПатӏимат Пайзудинова ракӏалде щвеялъе.\nСайгъат гьабула киналго магӏарулазе.\n— I —\nГьоркьохъеб хехлъиялда мугӏруздехун балагьун унеб чуязда рекӏаразул къокъа гӏагарлъулеб букӏана габурлъиялде. Ункъо бихьинчиги цо гӏолилайги рукӏана гьезул. Гьей ясги гьелъул кӏиго гьалмагъги рукӏана гӏурусал, жеги мугӏрузде щвечӏел, щибго магӏаруллъиялъул хӏакъалъулъ лъаларел гӏисинал гӏолилал. Рогьалил бакъул чӏоразда гъоркь нахъа тана гьез Гъоркьиябги Тӏасиябги Хъарани росаби. Гьанже рахунел рукӏана Гендерил магӏарде.\nРиидалил ахиралда гьезда бихьулеб сверухълъи тӏубан бахчун букӏана гӏурччинлъиялда гъоркь. Рикӏкӏа-рикӏкӏаде щвезегӏанги берцинго рихьулел рукӏана гохӏалги, щобалги, рохьалги. Тӏад букӏана роцӏараб хъахӏилаб зоб. Гӏицӏго рикӏкӏада, лъарагӏлъиялдехун рихьулел рукӏана къанагӏатал хъахӏнакӏкӏул парчаби. Бацӏцӏадаб гьаваялъги, гьайбатаб сверухълъиялъги, гьенисан гӏемер хьвадун ругьунал чуязги квербакъулеб букӏана сапар бигьа гьабизе.\nЦиндаго гьезда цебе рагьун бачӏана батӏияб тӏабигӏат. Гьединаб борхалъуде цониги рахарал рукӏинчӏо гьел гӏолилал. Мугӏрузда жанисеб Дагъистан тӏоцебе бихьулел гьезул, гьаркьал рорчӏана. Беразе ругьунлъун ккун рукӏарал, гӏурччинал гохӏалгун щобалги цереса росун ун, жидедаго лъачӏого, гьел щун ратана бицун бажарулареб борхалъиялде. Тохлъукьего тӏаде бачӏараб, хӏикмалъиялъулги хӏинкъиялъулги цоцалъ бессараб асаралда гъоркь, ургъичӏого ва дандбачӏого, рещтӏун ратана гьел чуяздаса. «Ургьиса рухӏ агъабалъе анин» абулеб гӏадаб асаралда гъоркь рукӏана гьел.\nСверухъе ралагьизе гӏурусалги тун, кӏиявго магӏарулас чуял сухъмахъалдаса гӏурччинхарде кваназе рачана. Гӏодорги чӏун, лъикӏаланго мехалъ ралагьана гьалбал гӏажаибаб тӏабигӏаталъухъ. Гьезул рагӏаби гӏолел рукӏинчӏо беразда бихьулеб цоцазе бицине ва рекӏеда бугеб хӏал загьир гьабизе. Гьадинаб бакӏ дунялалъул рокъоб букӏунин бицани, цебечӏезабизе гьезухъа бажарилароан. Беразда бихьулелда божизеги захӏмат букӏана гьезие.\nГъоба тӏинда, балагьун бер щолареб гъварилъуда, кьурабазда багъулаго, гӏедегӏун ралъдахъе бекерулеб букӏана гьалагаб Сулахъ гӏор. Цоцада нахъасан раккарал рорхатал кьурабазги гъваридал жанирлъабазги, бицине хӏалкӏолареб сипат кьолеб букӏана тӏабигӏаталъе. Хъатиниб лъураб гӏадин бихьулеб букӏана гьенисан Дагъистан. Каспий ралъдал рагӏалдаса Гуржиялъул гӏорхъоде щвезегӏан, тӏолабго мугӏрул улка букӏана бакъул чӏораз гвангъизабун. Тӏад калам гьечӏого бихьулеб букӏана, щай гьаб гӏажаибаб улка-ракьалда цӏар Дагъистан абун бугебали.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7000-giakhvalazul-azbuka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7000-giakhvalazul-azbuka", "title": "Гӏахьвалазул азбука", "date": "2020-01-28 11:53:48", "categories": ["kultur"], "text": "Республикаялъулаб «Лотос» басмаханаялъ къватӏибе биччана лъималазе цӏалул тӏехь — «Букварь» гӏахьвалазул мацӏалда, гьеб мацӏ гьоркьобе ккола гӏандадерилгун дидоязул группаялде.\nГьеб тӏехьалъул цебелъей тӏобитӏана, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда, гьениб «Тарки-тау – 2019» VIII тӏахьазул ярмарка тӏобитӏулеб заманалда.\n«Гӏахьвалазул азбука» ккола гӏахьвалазе гьезул рахьдал мацӏалда къватӏибе биччараб тӏоцебесеб цӏалул тӏехь. Гьелъ лъималазе кумек гьабизе буго хъвазе-цӏализе лъазабизе, печаталъулал ва квералъ хъварал хӏарпал ва гьезул гьаркьилаб магӏна бичӏчӏизе, рекӏун хъварал слогал цӏализе, цӏалулеб ва хӏажатал текстал битӏун ричӏчӏизе, гӏадатиял рагӏаби ва предложениял хъвазе. Узухъда, жиндирго рахьдал мацӏ бокьулел ва гьелъул къимат гьабулел чӏахӏиязеги цӏияб тӏехьалъул кӏудияб кӏвар ва интерес букӏина.\nЦӏалул тӏехьалъе рецензиял хъван руго, гӏахьвалазул мацӏ жидер рахьдал мацӏлъун кколел: ДГПУялъул кафедраялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Индира Гӏабдулаевалъ, Гӏахьвахъ районалъул администрациялъул лъай кьеялъул отделалъул начальник, филологиял гӏелмабазул кандидант Зайгьат Шамхаловалъ; Гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулеб зонаялда (ЗОЖ) бугеб Къамишхъутаналъул гимназиялъул завуч, ДРялъул мустахӏикъав учитель, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул отличник Микагӏил Шамхаловас.\n«Гӏахьвалазул азбука» хъван буго жиндирго гьитӏинаб Ватӏанги, гьелъул халкъги бокьулев, гьелъул гӏадаталги тарихги лъикӏ лъалев, журналист «Ашвадо» ва «Эркенаб трибуна» газетазул редактор, Гӏахьвахъ районалъул Тӏадмагъилъ росулъа М. Хӏажиевас.\n«Гӏахьвалазул азбука» къватӏибе бачӏана дагьаб къадаралда, гьелъул буго 300 тираж. Гӏахьвалазул рес бугел гӏадамаз гӏумру гьабулеб буго Дагъистаналда, Москваялда, республикаялъул гӏорхъаби рахун къватӏибги. Хьул буго, гьезул кумекалдалъун гьеб тӏехьалъул тираж азаргоялде бахинабилилан.\n«Гӏахьвалазул азбука — букваралъул» хӏакъалъулъ хъвараб гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго, дунялалдаго машгьурав рагӏул устар, гъиргъизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовасул рагӏабаздалъун: «Халкъалъул мацӏ – гьеб ккола тӏадегӏанаб низамалъул, хӏикматаб, тӏасан ккараб лъугьа-бахъин: щибаб мацӏ буго тӏалаб инсанияталъул гӏакълуялъул гьунаралъул бергьенлъи. Нилъер ихтияр гьечӏо, кинаб халкъалъе гьеб кколеб батаниги, цебетӏеялъул рахъалъ кинаб даражаялда гьеб бугониги, цониги мацӏалдехун пахруяб, рокьукъаб бербалагьи гьабизе»."}
{"slug": "7001-duniyalgi-dingi-k-ark-alagun-rukhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7001-duniyalgi-dingi-k-ark-alagun-rukhi", "title": "Дуниялги динги – къаркъалагун рухӏ", "date": "2020-01-28 11:55:40", "categories": ["history"], "text": "Парахатго рокъой тун хьихьараб рахӏат магӏарул чӏужугӏада-налда кидаго бихьун батиларо.\nКигӏан захӏматаб заманалъги гьей йикӏана хъизанги данде бачун магӏишат гӏуцӏулейлъун. Исламалда рекъон руччаби рокъоса къватӏирего рахъине бегьуларин абун къойилго гьарулел вагӏзабиги киназдаго гуро ритӏун ричӏчӏулел ругел. Заманалъул цебетӏеялда рекъон, рукъалъул хӏалтӏи бигьалъун, парахат рокъор кӏусун, Турциялъул сериалазухъги балагьун руго гӏемер руччаби. Ясли-ахалъ яги школалъ тарбия кьеян абун лъималги тун тӏуяладай магӏарул чӏужугӏадан? Эбел-инсул рукӏа-рахъиналъухъ балагьун гурищ лъималазулъги хасият куцалеб?!\nНилъер гӏумруялда гӏезегӏанго дандчӏвала дунялги динги цадахъ рекъон бачунел, жамагӏаталда гьоркьоб къадру цӏунарал руччаби. Жидерго лъималазе гуребги, гьединаз лъикӏаб тарбия кьола ва мисал бихьизабула сверухъ ругезеги. Гьединазул цояй йиго Унсоколо районалъул Генуса гӏурус ва магӏарул мацӏазул тӏоцебесеб категориялъун мугӏалим, «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул филиалалъул нухмалъулей Меседо Абакарова.\nБащдаб гӏасруялъ школалда гӏурус мацӏалъул дарсал кьуна Меседоца. Букӏана заман кӏиго сменаялдаги хӏалтӏун, магӏарул мацӏалъулги дарсал нухда рачунеб. Школалда хӏалтӏунин абун как-диналъе заралали киса гурин, коммунистазул заманалдагицин мажгит рахачӏин жидер росулъин бицуна Меседоца. Балъго устарасухъе вирд босизеги хьвадун, шайих Сагӏид-афандиясул муридлъун йикӏаго тӏарикъаталъулги киналго муракъабиги лъугӏизарун руго гьелъ. Гьанже, аскӏовегӏан вугелъул, Гӏабдулжалил-афандиясухъе хьвадула гьей. Къуръанги динги Генуб кидаго букӏана ва гьеб киданиги нахъехун лъун течӏо, гьелъие нугӏлъи гьабула 400 сон бараб мажгиталъги бечедаб исламияб тарихалъги.\nМеседоца ургъел гьабула жа-къасеб къоялъул политикаялъулги сверухъ лъугьа-бахъунелъулги. — Чӏужугӏаданалъул бакӏ гӏицӏго богорукъ кколин абураб пикруги ботӏролъ ккун жакъа къоялда улбул чӏей битӏараблъун бихьуларо дида. Эбелалдаса ракӏбухӏун ва мухӏканго жиндир лъимада лъикӏаб-квешалъул лъицаго бицунаро, — ян абула гьелъ.\nХӏетӏалъ кини кӏикӏун квералъ Къуръан ккун\n— Тӏоцее хӏежалде араб мехалда цо гӏалимчияс абурал рагӏаби кидаго кӏочонаро дида, гьелда рекъон хьвадизеги хӏаракат ба-хъула: «Дуда рихарав, чи щиван, гьикъидал, Аллагьас абун буго бищунго рихарав чи, дунял тун, кидаго ахират гьабулев ва, ахират кӏочон тун, дунял гьабулев чи вугилан. Жиндие вокьулев чи кколин, жакъа холев гӏадин ахиратги гьабулев, кидаго хвеларев гӏадин дунялги гьабулев чи», — ян абуна гьес. Нижер умумулги дида ратана захӏматалдаса хӏинкъуларел ва диналда чӏей бугел, — ан бицуна Меседоца.\nШамил ва Гъазимухӏамад имамзабазул кьолбол наслулъун кколеб Абакаровазул хъизамалда кӏудияб кӏвар кьолаан динияб лъай кьеялде, гьелда цадахъго светияб лъай ясазе кьеялдеги инкар кколароан. Меседол эбел Жавгьаратица лъимал гӏадада гӏодор чӏун толароан, жидеего бетӏербахъиялъе магӏишат гьабизе ругьун гьарулаан. Шамил имамасул бахӏарчияй лъадул цӏар лъурай магӏарулай Жавгьаратица жиндирго 12 лъимер хьихьана, хӏатӏица киниги кӏикӏун, цояб квералъ щар чӏвалаго, цогидаб кверзукь Къуръанги ккун гьеб цӏалулаго.\nМеседол эмен Абакаров Гӏабдурахӏманица данде бакӏарараб Шамилил заманалъул тарихалъулгун ракь лъазабиялъул бицунеб музей буго жакъа къоялдаги школалда жаниб хӏалтӏулеб.\nЦӏалун мугӏалимлъиялъул махщел босизе бугеб гъираялда эбел-инсуца гӏемер дандечӏей гьабичӏин бицуна Меседоца, амма цоги рахъалдаса квекӏеналги камун гьечӏо гьелъие:\n— Дун гьарарав чиясул гӏагарлъиялъе гьеб пикру цӏакъ бокьун букӏинчӏо. Амма росгун ятӏалъун хадуй вас хьихьизеги, рукъалъе яшав гьабизеги дидего бегидал, цӏалун щвараб махщел нахърателлъун батана. Школалда дарсал кьолаго цадахъ бачунаан мадрасаялъул ва «Муслимата-лъул» жамгӏияб хӏалтӏиги. Гьединго цадахъго букӏинарищха рукъалъул магӏишатги. Эркенаб заман хутӏулеб гьечӏониги, гъираялда гьабулаан кинабго цадахъ. Нижер росулъ ахираб заманалда тӏадегӏанаб лъай щварал ясал цӏикӏкӏун руго васаздаса. Къаркъалаги рухӏги гӏадин, цадахъ бачине ккола чӏужугӏаданалъ динияб ва магӏишаталъул рахъ.\nШколагун мадраса рекъон хӏалтӏула\nРакӏ аваданай, ботӏролъ бижараб пикру гӏумруялде бахъинабизе гӏедерай гӏадан йиго Меседо. Гӏолохъанаб заманалдасаго кучӏдул хъвазе, мавлид ахӏизе гьунар буго гьелъул. Школалда цӏалулеб заманаялдасаго гъираялда жамгӏияб хӏалтӏулъги гӏахьаллъулей йиго гьей.\n«Багӏараб байрахъ» газеталдаса цӏалун лъан буго Меседода Махӏачхъалаялда руччабазул динияб «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏи рагьун букӏин. Бугеб бакӏги цӏехон, щун йиго гьение ва гьелдаса нахъе диналъул яцазулгун бухьен къотӏизе тун гьечӏо. Къоло лъабгогӏан соналъ «Муслиматалъул» филиалалда жигаралда хӏалтӏулей йиго гьей. Гьабсагӏат гьенир жанир руго 160-гӏанасев чи цӏалулеб мадрасаги щибаб рузман сордоялъ руччабаз салават битӏулеб рукъги. Мадраса гӏуцӏизе ва салаватал тӏоритӏизе руччабазул жамагӏаталъе цо мина босун кьун буго ГЭСалъул директорлъун вукӏарав росуцояв Мансуров Гӏабдулаца. 2012 соналда Генуб букӏараб КТОялъул низамалъ чӏунтизабун букӏана гьеб мина. Гъоркьиса цӏидасан гӏатӏидги гьабун къачӏана ва, жакъа жамагӏаталъе пайдаялъе хӏалтӏулебги буго гьеб.\n— Школалъулгун мадрасаялъул хӏалтӏи, щибго цоцае квалквал гьабичӏого, цадахъ рекъон бачуна нижер росулъ. Амма щибаб байрам тӏобитӏулелъул, гьениса ОМОНалъул хӏалтӏухъабиги камуларо. Динияб рахъалъги кӏийиде бикьараб росу букӏиналъ, нижер жамгӏияб гӏуцӏиялда тӏаса кӏалъалелги камуларо, амма гьез бицунеб жо рагӏичӏеб ххвелги гьабун тола нижеца, — ян рагьана Меседо Абакаровалъ жидерго росулъ лъайкьеялъул низамалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏал."}
{"slug": "7002-shkolal-e-madrasayal-ul-kvalkval-bugishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7002-shkolal-e-madrasayal-ul-kvalkval-bugishch", "title": "Школалъе мадрасаялъул квалквал бугищ?", "date": "2020-01-28 12:09:14", "categories": ["history"], "text": "Гъоркьиса Болъихъ районалъул Мигӏарсо росу бакьулъ бан лъугӏун хӏалтӏизе биччана 60 чиясе бакӏ бугеб мадраса. Рега-рахъине, цӏализе, кваназе киналго санагӏалъабиги чӏезарун руго жанир. Росдал лъималазе гьенир исламалъул дарсал кьолел руго Хасавюрт шагьаралъул исламияб университет ва гьелъулго аспирантураялда цӏалун лъикӏаб лъай щварал мугӏалимзабаз.\nГьезул хӏалтӏудаса кутакалда разиго руго лъималазул эбел-эмен.\nХӏакъикъаталдаги, мадраса хӏалтӏизе байбихьаралдаса нахъе, росдал лъималазул гӏадлуги щулалъана.\nАмма камун гьечӏо нилъер светияб хӏукуматалда жаниб къабул гьабулареб цо рахъги. Мисалалъе, школалъул завуч Абакар Шариповас абуна лъималазе тарбия кьей лъикӏлъиялъе чара гьечӏеблъун кколин мех-мехалъниги гьезул ракӏал роххизари. Гьеб рахъ загӏипго бугин бицана Абакарица. Гьеб мурадалда, санайилго гӏадин, исанаги школалъул майданалда лъун букӏун буго Цӏияб соналъе ёлка, хӏадурун рукӏун руго гьитӏичазе сайгъатал. Амма цересел соназ гӏадин, эбел-эменги рачӏинин школалъул елка бугеб майданалдеян хьулалда рукӏун руго учительзабазул коллективги. Иш ккун буго думалъго бегьулареб хӏалалде, гьениве гӏаданго вачӏун гьечӏо. Щай ва щиб ккун рачӏинчӏелан гьикъидал, лъималаз бицун буго гьенире ин хӏарамаб бугин, унгейилан лъазабунила жидеда мадрасаялда ва мажгиталда.\nГьаниб гьикъичӏого гӏоларо, лъица ихтияр кьураб мажгита-лъегун мадрасаялъе нухмалъи жидеца гьабулезе, лъагӏалида жаниб цо нухалъ бачӏунеб рохалилаб чӏаголъи лъималазе гьукъизе? Кинаб тӏехьалда хъван бугеб школалъ гьитӏичазе гьел рохизаризе кьолел сайгъатал хӏарамал ругин, гьел росугеян? Мигӏарсдерил росдал ва школалъул нухмалъулезда тӏадаб букӏинаан, гьединал ишал такрарлъизе течӏого, хадуб халкквезе.\nСуал бачӏунеб буго ругодай гьединал хӏужаби цоги-цоги районазда, росабалъ? Хӏурматиял магӏарулал, бокьилаан лъазе гьеб рахъалъ нужерги пикру."}
{"slug": "7003-dag-istan-respublikal-un-l-azaburaldasa-100-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7003-dag-istan-respublikal-un-l-azaburaldasa-100-son", "title": "Дагъистан республикалъун лъазабуралдаса 100 сон", "date": "2020-01-28 12:26:15", "categories": ["rel"], "text": "Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб, 1860 соналъул 5 апрелалда, Россиялъул пачаясул Кавказалда вукӏарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам.\nОбластлъунги лъазабун букӏана гьеб тарихалда тӏоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гӏуцӏи. Областалъул гӏатӏилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукӏарал ханлъабиги цогидал политикиял гӏуцӏабиги хвезарун, Дагъистаналъул бетӏерлъун тана генерал-губернатор. Областалъул центрлъун гьабуна Темир-Хан-Шура шагьар. Байбихьуда Дагъистаналъул область бикьана ункъо рагъул отделалде — севералъулаб, югалъулаб, гьоркьохъеб ва тӏасияб. Хадуб область бикьана ичӏго округалде: Авар округалъул центрлъун гьабуна Хунзахъ, Гӏанди округалъул – Болъихъ, Гъуниб округалъул – Гъуниб хъала, Дарги округалъул – Лаваша, Гъазигъумеки округалъул – Гъазигъумеки, Хайдакъ-Табасаран округалъул – Маджалис, Кюра округалъул – Къасумкент, Самур округалъул – Ахти, Темир-Хан-Шура округалъул – Темир-Хан-Шура. Округазда жанир гӏуцӏана 42 наиблъи, наиблъиялъул щибаб росулъ тана бегавул.\nРоссиялда революция.\nДагъистаналъе автономия кьей\nРоссиялда Февралалъул ва Кӏудияб Октябралъулаб социалистияб революция ккезегӏан тӏадехун рехсараб политикияб ва территориалияб гӏуцӏи хисичӏого хутӏун букӏана Дагъистаналда. 1917-1920 соназда пачаяс тарав Дагъистаналъул ахирисев генерал-губернатор Вольскийги нахъе къотӏун, хадуб хӏапу-чапураб, чӏара-хьвараб хӏал гьечӏеб ахӏвал-хӏал лъугьун букӏана. Дагъистаналъул тӏалъи къваригӏун революциялъул рахъккуразул ва гьелда дандечӏаразул хӏалуцараб къеркьей унеб букӏана. Цин Дагъистаналъул бетӏерлъун ккана генерал Халилов, хадув Н. Тарковский. Нус-нус чи къурбанлъарав граждан рагъалдаса хадуб тӏалъиялде рачӏана большевикал ва гьез гӏуцӏана Дагъистаналъул революциялъулаб комитет.\n1920 соналъул 11 ноябралда Дагъистаналъул ревкомалъ гьабураб хӏукмуялдалъун 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралъул театралъул минаялъуб (гьанже гьеб минаялъуб буго республикаялъул Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул филиал) рагьана Дагъистаналъул халкъазул тӏоцебесеб чрезвычайнияб съезд. Централъул вакил хӏисабалда, съездалде рачӏун рукӏана Бакуялдасан Москваялде тӏадвуссун унев РСФСРалъул Сов-\nнаркомалъул миллиял ишазул рахъалъ комиссар И. В. Сталин ва Г. К. Орджоникидзе. Съездалде рачӏун рукӏана ичӏабго округалдаса 300 делегатги. Съезд байбихьана маркӏачӏуда, микьгоялде бащдаб хӏалтӏараб заманалда. Боголил как базе перерывги гьабун, гьеб халатбахъана анцӏила кӏигоялде бащдаб хӏалтӏизегӏан. Съездалъул председательлъун вищун вукӏана Жалалудин Къоркъмасов, секретарьлъун – Петр Ковалев. Съездалда делегатаз кӏалъаял гьаруна гӏурус ва миллиял мацӏазда. Магӏарулазе таржама гьабулеб букӏана Мухӏамад-Мирза Хизроевас, лъарагӏазе — Ж. Къоркъмасовас. Азербайжан мацӏалъул таржама гьабулеб букӏана Керим Мамедбековас ва Хан-Мухӏамадовас. Лезги мацӏалда таржама гьабулеб букӏинчӏо, щайгурелъул гьезда азербайжан мацӏ, югалъул Дагъистаналда ругел цогидал халкъаздаго гӏадин, лъалеб букӏун. Гьеб мацӏ букӏана югалъул Дагъистаналда ругел халкъазда гьоркьосеб мацӏлъун. Тумазеги таржама гьабулеб букӏинчӏо. Гьезул делегатазда цоязда азербайжан, цогидазда лъарагӏ мацӏ лъалеб букӏун.\nСъездалда, Дагъистаналъе Россиялда гьоркьоб автономия кьейги лъазабун, кӏудияб кӏалъай гьабуна И. Сталиница.\nСъездалъул хӏинкъи гьечӏолъи ва парахалъи цӏуни тӏадкъан букӏана, съездалъул президиумалде жив вищун вукӏарав Гӏахьвахъа Шамхал Салихӏовасул партизаназда. Шагьаралда гӏадлу-низам чӏезабиялда рукӏана цогидал округаздаса багӏарал партизаналги.\n1921 соналъул 20 январалда гӏуцӏана Дагъистаналъул автономияб советияб социалистияб республика.\n1921 соналъул 1-7 декабралда тӏобитӏана Дагъистаналъул советазул тӏоцебесеб учредительнияб съезд. Гьениб къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.\n1922 соналъул 16 ноябралда ДАССРалде цолъизабуна Терский губерниялда гьоркьоб букӏараб Гъизляр округ ва Ачикулак район.\n1924 соналъул 13 февралалда ДАССРалда гьоркьобе бачӏана Гъизляр уездалъул ракьги.\n1928 соналъул 22 ноябралда округазул бакӏазда гӏуцӏана 26 кантон: Ахти, Ачикулак, Бабаюрт, Болъихъ, Гъуниб, Дербент, Хайдакъ, Буйнакск, Хъараногъай, Къасумкент, Къахӏиб, Гъизляр, Къоркъмасхъала, Курах, Лак, Лаваша, Махӏачхъала, Рутул, Табасаран, Лъаратӏа, Урари (Дахадаев), Хасавюрт, Хунзахъ, Цӏумада, Чӏарада, Шелковской ва кӏиго подкантон — Гумбет ва Казбек.\n1929 соналъул лъабабилеб июналда кантонал сверизаруна районазде, подкантонал – подрайоназде.\n1930 соналда гӏуцӏана Цӏунтӏа район, Гумбет ва Казбек подрайонал сверизаруна районазде.\nХадусел соназул хиса-басиял\n1931 соналъул анлъабилеб сентябралда ДАССР бачана Северияб Кавказалъул краялда гьоркьобе. 1936 соналъул анлъабилеб декабралда, Сталинил конституция къабул гьабун хадуб, Дагъистан батӏа гьабуна Северияб Кавказалъул краялда гьоркьоса.\n1937 соналъул 12 июналда тӏолгодагъистаналъул кӏиабилеб чрезвычайнияб советазул съездалъ къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.\n1933 соналда гӏуцӏана Гӏахьвахъ район.\n1934 соналда гӏуцӏана Агъул, Гӏахъуша, Догъузпара районал.\n1935 соналда Махӏачхъала район хвезабуна. Гӏуцӏана Гъарабудагъкент, Гъаякент районал. Гьебго соналъ гӏуцӏана Каясулинский, Кули, Хъумторхъала, Унсоколо ва Хив районал.\n1938 соналъул 22 февралалда Орджоникидзе краялъул цӏигӏуцӏараб Гъизляр округалда гьоркьобе кьуна республикаялъул северияб рахъалда бугеб щуго район – Ачикулак, Хъараногъай, Каясул, Гъизляр, Шелковское.\n1943 соналда гӏуцӏана Гӏавухъ ва Мухӏарамкент районал.\n1944 соналъул марталда Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул ракьалде ритӏана Дагъистаналъул районаздаса гӏезегӏан росабазул жамагӏатал. Дагъистаналдеги цолъизарун, гьениб гӏуцӏана ункъо район – Рилъаб, Шурагат, Гӏандалал ва Цӏияблак.\n1940-абилел соназул бакьулълъиялда гӏуцӏана Хьаргаби, Гъизилюрт, Цӏадахӏари районал.\nОкругал гӏуцӏи. Цӏидасан\nрайонал гьари\n1950-абилел соназул бакьулълъиялда, центр Махӏачхъалаги гьабун, гӏуцӏана Ленинский район, Бежтӏа центргун Цӏунтӏа район.\n1952 соналъул 25 июналда ДАССР бикьана ункъо округалде: Буйнакск, Дербент, Избербаш ва Махӏачхъала. 1953 соналъул 24 апрелалда округазде рикьи хвезабуна.\n1956 соналда Цӏадахӏариб район хвезабуна.\n1957 соналда Грозный областалдаса ДАССРалде кьуна, Терекли-Мектеб центргун, Хъараногъай район, Гъизляр, Крайновка ва Тарумовка районал. Гьебго заманалда ЧИАССР цӏидасан гӏуцӏун хадуб, Дагъистаналда гьоркьоб букӏараб Чачаназул ункъо район тӏадбуссинабуна.\n1960 соналда Къахӏиб районалда цӏар хисана Советский абун, хвезаруна Догъузпара, Гъарабудагъкент, Крайновка ва Унсоколо районал.\n1963 соналда риххизаруна Гӏахъуша, Гӏахьвахъ, Бабаюрт, Хьаргаби, Гумбет, Дахадаев, Гъаякент, Гъизилюрт, Кули, Курах, Ленинский, Мухӏарамкент, Тарумовка ва Чӏарада районал.\nГӏуцӏана, центр Хьаргабигун, Унсоколо район. Буйнакск район сверизабуна Ленинский районалде.\n1964 соналда цӏидасан гӏуцӏана Гӏахъуша, Гумбет, Кули, Курах ва Чӏарада районал.\n1965 соналда цӏидасан, центр Кӏаратӏагун, гӏуцӏана Гӏахъвахъ район, Бабаюрт, Буйнакск, Дахадаев, Гъаякент, Мухӏарамкент ва Тарумовка районал. Ленинский районалъул центрлъун гьабуна Гъарабудагъкент росу. Унсоколо районалъул – Унсоколо.\n1966 соналда гӏуцӏана Гъизилюрт район. Къасумкент районалда цӏар хисана С. Стальский район абун.\n1992 соналда Ленинский районалда цӏар хисана Гъарабудагъкент район абун.\n1993 соналда, центр Бежтӏагун, Цӏунтӏа районалда гьоркьоб гӏуцӏана Бежтӏа участок. Гьебго соналъ Усухчай росулъ центргун гӏуцӏана Догъузпара район, Къоркъмасхъала центргун Хъумторхъала район.\n1994 соналда Советский района-лъул цӏар хисана Шамил район абун.\nЖакъа Дагъистаналда буго анцӏго шагьар ва 41 район.\n1991 соналъул 13 маялда ДАССРалъул цӏар хисизабуна ДССР абун. Гьебго соналъул 17 декабралда республикаялъул Верховный Советалъ къабул гьабураб декларациялда рекъон ДССР хисизабуна Дагъистан Республика абураб цӏаралде."}
{"slug": "7004-zherg-en-kiutiulago-ragarab-gunar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7004-zherg-en-kiutiulago-ragarab-gunar", "title": "Жергъен кӏутӏулаго, рагьараб гьунар", "date": "2020-01-28 12:42:10", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул щибаб росулъги ратула халкъиял кучӏдул ахӏизе гьунар бугел гӏадамал. Гьезул щивасул буго цохӏо жидеего хасаб къагӏидаги. Гьединазул кучӏдузухъ урхъун рукӏуна нилъ. Жакъа дица бицина Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Ахӏсарат Хӏайбулаевалъул хӏакъалъулъ.\nМагӏарул кечӏ бокьулезда гьеб цӏар чанго соналъ цебе рагӏана. Гьелъ халкъияб кечӏ ахӏулелъул, унго-унголъунги беразда цебе кьурдулеб букӏуна магӏаруллъиялъул сипат.\nГьаюна Ахӏсарат кечӏ-бакъаналъе гьунар бугеб хъизамалда. Гьелъул эмен Мухӏамад вукӏана, Хунзахъ тӏалъиялда гуревги, Дагъистаналдаго машгьурав зурмихъан. Доб заманалда росулъ цониги бертин букӏун батиларо, гьесул зурмихъе гӏадамал кьурдичӏеб. Гьединго гьунар букӏана гьесул къали кьабизеги. Районалъул искусствабазул школалъул филиал рагьана Тӏануси гьоркьохъеб школалдаги, Мухӏамадица лъималазда зурма пузеги къали кьабизеги малъизе букӏине. Чанго соналъ хӏалтӏана гьев школалда. Гьеб кинабго махщел гьес ирсалъе кьуна Ахӏсаратихъеги. Гьей йикӏана гьесул бищун пагьму бугей цӏалдохъанги. Абизе ккола, Ахӏсаратил махщалилаб нух школалдасанго байбихьанилан. Гьений цӏалулаго, гьелъ цадахъго лъугӏизабуна районалда бугеб искусствабазул школаги. Лъана аргъан хъвазеги, къали кьабизеги, кечӏ ахӏиялъул балъголъабиги. Гьелъ тӏасабищана магӏарул халкъияб кечӏ. Ахӏсаратица гӏахьаллъи гьабула районалда ва республикаялда тӏоритӏулел миллияб кочӏол фестивалазда ва цогидалги тадбиразда. Руго гьелъул республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул рахъалдасан щварал шапакъаталги. Гьаб заманалда росдае хӏажатай гӏадан йиго гьей. Гьелъ берцинго нухда рачуна музыкалиял тадбирал.\nАхӏсаратица кечӏ ахӏула эстрадаялдаги аргъан хъванги. Хасго гьелъул кочӏолаб дуниял гӏадамазе рагьана магӏарул жергъадаги кӏутӏун биччалеб бакъаналъ.\n— Жакъасел гӏолилазе цӏакъ рокьула эстрадаялда ахӏулел кучӏдул. Гьединлъидал дицаги ахӏула гьединал кучӏдул. Амма киданиги хилиплъичӏо магӏарул кочӏое. Хӏаракат бахъула гьелъул хаслъи кибго цӏунизе. Магӏарул бакъназда ахӏараб кочӏоца гӏадин, диегоги асар гьабуларо, — ян бицана Ахӏсаратица.\nГьелъул щулияб бухьен буго композиторал Каримула Гӏабдулаевасулгун ва Ахӏмад Гӏамирхановасулгун.\nГьабсагӏаталда Ахӏсарат Хӏайбулаева хӏалтӏулей йиго Тӏануси гьоркьохъеб школалда музыкаялъул учительлъун ва росдал ясли-ахалда музыкалияй нухмалъулейлъун.\nГьелъул цӏалдохъаби ва ясли-ахалъул гьитӏичал гӏахьаллъула районалда тӏоритӏулел музыкалиял тадбиразда, ккола цересел бакӏал. Гьелъ аслияб кӏвар кьола халкъияб кӏалзул гьунаралде, рагьула лъималазе магӏарул халкъалъул кочӏол балъголъаби, кӏвар кьола тадбирал магӏарул мацӏалда рачиналдеги.\nАхӏсарат ккола тӏадегӏанаб категориялъул учительги.\nХириял магӏарулал, хъвай нижехъе нужерго гьунарчагӏазул хӏакъалъулъ, ракке нилъерго миллияб газеталде гьоболлъухъ гьезул бицинеги."}
{"slug": "7007-milliyab-madaniyatal-ul-g-ansitokh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7007-milliyab-madaniyatal-ul-g-ansitokh", "title": "Миллияб маданияталъул гъанситохъ", "date": "2020-01-28 13:01:30", "categories": ["lit"], "text": "Санайилго гӏадин, 2019 соналъги Дагъистаналъул адабияталда ва маданияталда хурхарал тадбирал гӏезегӏанго тӏоритӏана Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда.\nРехсарал темабаздаса республикаялда бугеб рухӏияб цебетӏей яги масъалаби рагьула интеллигенциялъул вакилзаби, гьунар-мащалил къимат лъалел дагъистаниял ракӏарарал данделъабазда. Гьел тадбирал лъикӏаб даражаялда гӏуцӏиялде кӏудияб кӏварги кьола библиотекаялъул маданияб отделалъ.\nРеспубликаялда гӏумруялде бахъинабулеб бугеб «Республикаялъул чӏухӏи» проекталда рекъон, дандчӏваял тӏоритӏана Авар театралъул художествияв нухмалъулев Хӏайбула Гӏабдулгъапуровасулгун, нейрохирурглъун Италиялда хӏалтӏулев нилъер ракьцояв Жалал Сагӏидбеговасулгун ва цогидал гьунар-цӏар рагӏарал магӏарулазулгун.\nГӏадатлъун лъугьун буго санайил Хӏамзатил Расул ракӏалдещвезавиги. Гьединго тӏоритӏана магӏарул хъвадарухъабазул тӏахьазул цереросиялги. Масала, магӏарул цӏалдолел данделъун рукӏана Мухӏамад Гӏисаевасул, Ибрагьим Мухӏамаднабиевасул, Баху-Меседо Расуловалъул кучӏдузухъ гӏенеккизе.\nАраб соналда библиотекаялъул хӏалтӏухъаби гьоболлъухъ щвана «Ветеран» харабазул рокъоре, сапарал гьаруна мугӏрузул районазде.\nБиблиотекаялъул культураялъул программабазул отделалъул щулияб бухьен буго республикаялъул жамгӏияталъулгун ва щибаб миллаталъул вакилзабазулгун. Хӏаракат бахъулеб буго гьеб жеги щулалъизабизе.\n«Республикаялъул чӏухӏи» проекталда рекъон, нижер библиотекаялда букӏана Дагъистаналъул культураялъул министрлъун хӏалтӏарав, гьабсагӏаталда хӏалхьиялда вугев Гӏабдулатӏип Хӏажиевасулгун гӏолилазул дандчӏвай. Гьеб хурхинабун букӏана исана гьев гьавуралдаса 85 сон тӏубаялда. Дандчӏваялъул аслияб мурадги букӏана адабалъе мустахӏикъав магӏаруласулгун гӏун бачӏунеб гӏелалъул лъай-хъвай гьаби.\nНаслабазул бухьен – гьеле жакъасел нилъер ирсилазе хӏажатаб жо."}
{"slug": "7008-magiarul-khalk-iyab-kochiol-rotsen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7008-magiarul-khalk-iyab-kochiol-rotsen", "title": "Магӏарул халкъияб кочӏол роцен", "date": "2020-01-28 13:13:04", "categories": ["lit"], "text": "«Огь, цӏа буго каранда, кидаго жиб сунареб…»\nГьедин гурищ ахӏараб магӏарулаз халкъияб кочӏол гъасда жидерго гӏищкъул хӏакъалъулъ. Гьеб ахӏухъ гӏенеккидал, биги гьалдолаан, тӏолабго черхалда гъаргъарги балаан, гӏенеккарасул рекӏелъ жиндирго лъалкӏалги тун, гьеб цинги боржунаан бищунго борхатаб мегӏералъул тӏогьибе. Гьеле гьелъулъ букӏана магӏарул халкъияб кочӏол роценги борхалъиги. Гьеле гьединаб асар гьабулаан дие, магӏарухъ халкъияб кочӏол гьаракь бахъиндал.\nГьеб кидаго букӏана магӏарулазда цадахъ. Гьелъ дунялалъего бицана бахӏарчияб магӏарул тариха-лъулги, гӏодана гьеб Ахӏулгохӏда шагьидлъаразухъги, кьалул майданалда берал къанщаразухъги, Хъахӏабросулъа Махӏмудил пандрил сариназухъе чанги угьдана гьеб, «рокьи тӏегьачӏезеги тӏегь бакъваразеги» дару-дарманлъунги букӏана ва хутӏана гьеб. Гьеб бижана магӏарухъ. Ракӏазда чӏвараб цӏерги биинабулаан гьелъ, гӏумруялъул гӏазу хӏеккине бакъул чӏораллъунги кунчӏана гьеб.\nГьеле гьединаб къуват букӏана ва жакъаги буго унго-унгояб магӏарул халкъияб кочӏол.\nРокьул гучалъ магӏарулазул каранда цӏа гьелегьараб миллияб кечӏ чӏурхӏун лъолеб буго гьанже. Хасго гьелъул нур сунеб буго шагьаралда.\nКигӏанго лъикӏ халкъиял кучӏдул ахӏулезухъ гӏенекканиги, черхалда цӏа бакулеб асар гьабулеб гьечӏо. Щайдай? Щайгурелъулха кечӏ ахӏулезда цебечӏолеб гьечӏо гьеб бижараб гъансито. Гьединаб хъурщун гурони боржунареб кечӏ къабул гьабуларо гӏагарал мугӏрузги. Санайил тӏоритӏулел концертазул байбихьуда цо-кӏиго халкъияб кечӏ ахӏунилан, халкъияб маданияталда нур баларо. Унго-унгояб магӏарул халкъиябги, халкъалъе бокьулебги кечӏ гьабсагӏаталда магӏарухъ буго цӏунун хутӏун.\nЩайдай? Щайгурелъул магӏа-руллъиялда тӏирщараб, бижараб, тӏегьараб гьелъ асир гьарула гӏадамал гурелги, мугӏрузул чундулги, лъаразул чилиги, гьелъухъ гӏенеккула мугӏрул гӏидраги, гӏидраялда гогьго расандулел кьагӏи-буртӏалги, гьелъ пана гьабула тӏолго тӏабигӏат.\nРокьи ккаразул рекӏелъги басандула гьеб, гьеб бечӏаразул керенги бухӏизабула гьелъ, бахӏарчилъиялъеги чилъиялъеги къулизеги къулула гьеб, гьеб биларазухъ рокьукьгоги балагьула гьеб.\nГьеле магӏарул маданияталъул сиялъулъ яхӏ-намусалъул кьеккеллъун бугеб магӏарул кочӏол роцен. Магӏаруллъи чӏаго бугебгӏан мехалъ, гьелъул хӏайранаб сарин къотӏизе гьечӏо."}
{"slug": "7009-akhirzamanal-ul-giuzru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7009-akhirzamanal-ul-giuzru", "title": "Ахирзаманалъул гӏузру", "date": "2020-01-28 13:31:36", "categories": ["med"], "text": "Ахираб анцӏго соналда жаниб Россиялда рак унтиялъ унтаразул къадар 20 проценталъ цӏикӏкӏанин абулеб буго Россиялъул бетӏерав онколог Андрей Каприница. Жеги анцӏго соналдасаги гьединабго къадаралъ цӏикӏкӏине бугин дунялалдаго онкологиялъ унтаразул къадарин баян гьабулеб буго жидерго сайталда РФялъул Минздравалъул пресс-хъулухъалъги.\nЧӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз бицунеб рагӏула, жидер заманалда онкология абураб унтиго дандчӏвалеб букӏинчӏин, ресукъго ругониги жидецаго гӏезабураб бацӏцӏадаб нигӏматги кванан рукӏунаанин, заралиял кванил нигӏматал цӏикӏкӏиналъ багъарараб унти кколин гьеб абун.\nХӏакъикъаталдаги ахирзаманалъул гӏузруйищха рак унти кколеб? Гьеб гӏузруялде данде къеркьеялде пачалихъалъ кигӏанго кӏвар кьуниги, унтаразул къадар щай цӏикӏкӏунеб бугеб?\nОнкология сундаса лъугьунеб ва кинаб дару-сабаб гьабизе бегьулебали хъварал гӏемерал макъалаби ратула Интернеталдаги. Камуларо гьеб унти сах гьабулин абун гӏадамал махсараде кколелги, унтун ругин гьерсал рицун гӏарац гьабулелги. Кинал бигьалъаби ва ихтиярал рихьизарун ругел онкологияб унти бугезе?\n2024 соналде щвезегӏан онкологиял унтабазде данде къеркьеялъе триллион гъурущ биччазе бугин бицунеб буго Минздравалъул онкологаз. Сунда тӏад хвезабизе бугеб гьеб гӏарац ва кин гьелъ унтаразул гӏумру хисизабизе бугеб?\nРекӏел унтабаздаса хадуб кӏиабилеб бакӏалда буго онкологиял унтабаздалъун гӏадамал хвей. Онкологазда цебечӏараб масъала буго 2024 соналде щвезегӏан рак унтудаса гӏадамал хвеялъул къадар 100 азарго чиясда гьоркьоб 185 чиясул къадаралде бачӏинабизе (2018 соналда – 100 азаргоясда гьоркьов 222 чи). Рак унтудаса холезул къадар дагьлъизабизе бажарулин рикӏкӏуна гьеб унти байбихьудаго тӏатинабизе кӏвани.\nЖакъа къоялда 56 процент гӏадамазул тӏоцебесеб ва кӏиабилеб даражаялда бугеб рак унти тӏатинабизе кӏолеб буго. Анцӏго соналъ цебе — байбихьудаго рак унти тӏатинабизе кӏваразул къадар 33 процент гурони букӏинчӏо.\nАхирал соназда онкологиял унтаби цӏикӏкӏиналъе гӏиллабазул цояблъун онкологаз рикӏкӏунеб буго, гьеб унти хехго тӏатинабизе бажарулел медицинаялъул къагӏидаби ва технологиял церетӏеял рукӏин. Дунялалдаго гьарулел медицинаялъул цӏех-рехазул 50 процент ккола онкологиял унтаби тӏатинариялда ва сах гьариялда бухьараб. Рак унти лъугьиналъе гӏилла бихьизабулеб гьечӏониги, унти багъаризабулеб ахӏвал-хӏал лъалеб буго онкологазда. Гьелде дандечӏеялъе кӏвар бугеб ишлъун рикӏкӏуна иммунитет щула гьаби, гьелда гъорлъе уна пайдаял нигӏматал кванаялда тӏадчӏей гьабиги, стрессалъулал, ццим бахъунел лъугьа-бахъиназдаса цӏуниги. Хӏатта, онкологиял ва цогидал захӏматал унтаби ругезе дунялалъулго медицинаялда паллиативияб кумек бихьизабун буго.\nПаллиативиябин абула захӏматго унтаразе ракӏбатизе, гьезул дунялалдаса тӏубанго ракӏбуссинаредухъ психологаз гьабулеб кумекалда. Гьелда рекъон, унтаразе гуребги, психологияб кумек щвезе ккола унтаразул цебесеб гӏагарлъиялъеги. Араб гӏасруялъул 80-абилел соназда байбихьана дунялалдаго паллиативияб кумек гьабулел гӏуцӏаби ва медицинаялъул идарабазда отделениял рагьизе.\nДагъистаналдаги Махӏачхъалалъул тӏоцебесеб клиникияб больницаялда хӏалтӏулеб буго паллиативияб кумекалъул отделение. «Вера» гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул учредитель Нюта Федермессерица, улкаялдаго гьабулеб паллиативияб кумекалъул бицунаго, нилъер республикаялда унтаразе гьабулеб паллиативияб кумек цӏакъ беццана РФялъул президентасулгун букӏараб гара-чӏвариялдаги.\n— Дагъистаналда лъидаго малъизе кколаро унтарав гӏагарав чи рокъове вачеян. Унтарав чи больницаялда хвезе рехун толаро гьез. Гьитӏинго захӏматаб унти бугел психоневрологияб диспансералде яги интернаталде кьун рукӏарал унтаралцин сахлъизе гьечӏеблъи лъайгун гьез рокъоре рачуна. Республикаялда бакӏазде хьвадулеб паллиативияб хъулухъ гьечӏонигицин, гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазул гӏагарлъиялдехун бугеб къиматалъ ва рокьиялъ цебетӏун буго сах гьаризе кӏоларел унтаразе гьабулеб кумек», — ан бицана гьелъ.\nПаллиативияб кумекалде хӏажаталлъун гӏемерисеб мехалда онкологиялъ унтарал гӏадамал рикӏкӏуна. Гӏемерисеб мехалда гьабулеб даруялдасаги гьединал унтаразе тохтурзабазул берцинаб кӏалъай, гӏагарлъиялъул рахъалдаса кверчӏвай лъикӏаб букӏунин рикӏкӏуна. Нужеда кин ракӏалде кколеб? Онкологиял унтаби ругел, тӏоцебесеб иргаялда, кинаб кумекалде хӏажат ругел?\nГӏагарлъиялда гьоркьоб букӏа, мадугьалихъ букӏа гьеб гӏузрудул кьогӏлъиялда берчӏвачӏев чи къанагӏат гурев ватиларо. Рак унти жидер яги гӏагарав чиясул букӏин лъайдал тӏоцебе квер бегьизе бакӏ лъаларого хутӏула гӏемерисел, амма гьелда гъорлъе лъугьун хадуб тохтурзабаздасаги лъикӏ лъалеб батула жидерго унтул хӏакъалъулъги. Гьединаб ахӏвал-хӏалалде ккараз, цогидазеги гӏемерал малъа-хъваял гьарула. Дандчӏвала гьеб гӏузруялдаса хвасарлъаралги, гьелде дандечӏезе къуват гӏуралги."}
{"slug": "7010-kvanitsagi-gabula-zaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7010-kvanitsagi-gabula-zaral", "title": "Кваницаги гьабула зарал", "date": "2020-01-28 13:37:47", "categories": ["med"], "text": "ДРялъул Роспотребнадзоралъ лъазабулеб буго ахираб заманалда нилъеца, хасго лъималаз кваналел нигӏматазулъ цӏикӏкӏунеб бугин транс-жиры (химикияб къагӏидаялдалъун хисизабураб нах, беэнлъи) ва гьелъ сахлъиялъе заралги гьабулин.\nЛъималазе хӏадурулеб кванилъ транс-жир хӏалтӏизабизе гьукъун буго РФялда, кванил нигӏматал гьарулел фабрикабаздаги гьеб гӏемер хӏалтӏизабуларо. Амма, гали бахъанщинал бакӏазда дандчӏвалел, хехаб къагӏидаялъул квен хӏадурулел бакӏазда гьелъул кӏварго гьабуларо, гьениса босулеб кванилъ (фастфуд) цӏикӏкӏун букӏуна заралияб беэнлъи.\nТранс-жирал лъугьуна хурдузул нах чанго нухалда гьализабун, чанго нухалда цого нахулъ кванил нигӏматал режулел ругони. Къватӏазда яги хехго квен гьабулел кафе-рестораназда картошка-фри, пирожкаби ва цогидабги бежулелъул, гӏемерисеб мехалда нах хисуларо, гьебин абуни, кӏиабилеб ва лъабабилеб нухалда гьализабуралдаса сахлъиялъе заралияблъун лъугьуна.\nКлиникиял цӏех-рехаз бихьизабуна транс-жирал хӏалтӏизариялъ рекӏел унтаби лъугьиналъе хӏинкъи цӏикӏкӏунеб букӏин. Гьелъ бидурихьал жанисан загӏип гьарула, бидулъ холестерин цӏикӏкӏинабула. Гьеб беэнлъи гӏемер хӏалтӏизабулезул чехь гьорола. Цо-цояз абулеб буго рак унтицин лъугьине бегьулин кванилъ транс-жирал гӏемер хӏалтӏизариялъ.\nТранс-жирал дандчӏвала маргариналъулъ, хурдузул лъамияб нах къвакӏизабун лъугьараб нигӏматалъулъ, фритюралъуб, микроволновкабазда жаниб бежизеян хӏадур гьабун бичулеб тӏепулеб цӏоросаролъулъ (попкорн), фастфудазда (хехго квен гьабулел бакӏазда режарал нигӏматал, масала, гӏанкӏу, ччугӏа, гамбургерал, картошка-фри ва гь.ц.), чадил нигӏматазулъ (кексал, пирожниял, пончикал) рахьдал бакӏалда хӏалтӏизарулел нигӏматазулъ, картошкадул ва цӏоросаролъул чипсазулъ, хӏадур гьарурал цӏорорал нигӏматазулъ (пицца, гьанал пирогал) ва гь.ц.\nНагагь этикеткаялда «частично гидрогенизированные масла» абун хъван батани, гьел ккола транс-жирал. 2018 соналдаса байбихьун РФялда гьукъараб буго 2 проценталдаса цӏикӏкӏун транс-жирал гъорлъ бугеб маргарин, кондитерлъиялъул, кулинариял нигӏматал къватӏире риччазе ва ричизе."}
{"slug": "7011-khalk-iyab-tokhturl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7011-khalk-iyab-tokhturl-i", "title": "Халкъияб тохтурлъи", "date": "2020-01-28 13:42:18", "categories": ["med"], "text": "Гӏин унтун бугони…\nГӏин унтани, хинаб боралъул спирталъулъ ччураб квасквасул чӏоло биччала гӏинзунибе. Пайда босизе бегьула лавандаялъул нахудасаги. 2-3 къатӏра гьеб нахул жубазабила хинаб хурдузул нахул 10 къатӏрагун. Гьелда гъорлъ ччураб чӏоло гӏинзунибе биччала, хадуб хинаб компрессги гьабила. Гьедин гьабулаго магӏарзухъе тӏинкӏила бидурихьал къварид гьарулеб къатӏра. Масала, називин, фтизин. Щай абуни, рахунел унтабазул микробал, хасго лъималазул, магӏарзухъан эхеде хӏохьел хьвадулеб мащуялъусан уна. Гьединлъидал, мащу нилъеца эркен гьабизе ккола, гьединго унтараб гӏинги хинлъизабизе ккола. Гьеб даруялда тӏадеги жубала антигистаминнияб препарат.\nЛъимал золотухаялъ\nва рахиталъ унтун ругони…\n1 кг цӏияб наккдада тӏаде 5 л лъел тӏе ва 30 минуталъ гьализабе. Лъугьараб жо цӏцӏузеги цӏцӏун ваннаялъубе тӏе. Гьениб лъадал температура 37-38 градус букӏине ккола. Анкьида жаниб 2-3 гьединаб ванна гьабила. Гьенир регизе 10-15 минут гӏола."}
{"slug": "7012-bitsarasul-kialdir-ralagun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7012-bitsarasul-kialdir-ralagun", "title": "Бицарасул кӏалдир ралагьун", "date": "2020-01-29 06:28:09", "categories": ["pismo"], "text": "Бералда бихьараб – битӏараб, гӏиналда рагӏараб – гьересиябин абухъе, федералияб шагьранухдаса Темиргъой росулъе сверулеб нух буго цӏакъ къваридаб.\nЧан авария гьениб кканиги, чан машина чухӏаниги, гьелъул хӏисабго гьабуларо. Кибе хъваниги, нухлул магӏишаталъул хӏакимзабаз хиялго гьабичӏо гьеб сверел гӏатӏид гьабизе яги къачӏазе. Жал гӏинкъалин нухазул хӏалтӏухъабиги, жал бецалин районалъул хӏакимзабиги чӏун руго.\nКӏиго соналъ цебе рагӏи кьун букӏана районалъул нухазул магӏишаталъул начальникас, гьеб сверел гӏатӏид гьабизе. Гьебги бихьараб макьу букӏараб къагӏида.\nЦониги росу гьечӏо лъималазул ах гьечӏеб. Буго Темиргъоялда лъималазул ах гӏуцӏизеян абун тӏасабищараб ракь гьелъул ургъел гьабулев чиги гьечӏо.\nРосулъ гьечӏо аптека. Кире инел дараби росизе? Ине ккола Цӏияб Чӏикӏаб росулъе щвезегӏан, таксиги ккун. Гьеле гьедин, бицарасул кӏалдир ралагьун, кӏалъалесухъ гӏенеккун, унеб буго темиргъоялъулазул гӏумру.\nДагъистаналъул гӏемерисел росабалъ цӏигьарун къачӏан руго хӏухьбахъиялъе санагӏатал бакӏал. Гьенир гӏуцӏун руго росдал лъималазе расандизе санагӏатал шартӏал. Гьеб рахъалъги битӏккечӏо нижее. Гьаниб буго гӏицӏго цо Улубий Буйнакскиясе бараб памятник. Доб партиялъул заманалда гьенир чӏарал гъутӏбиги ракъван лъугӏана. Щай бегьулареб гьениб цӏидасан гъутӏбиги чӏезе, лъимги бачине? Темиргъоялъул зигара рагӏулеб гьечӏо Хъумторхъала районалъул хӏакимзабазда."}
{"slug": "7013-redaktsiyal-ul-rakh-aldasa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7013-redaktsiyal-ul-rakh-aldasa", "title": "Редакциялъул рахъалдаса", "date": "2020-01-29 06:49:42", "categories": ["pismo"], "text": "Редакциялде гьаб кагъат бачӏингун, нижеца хӏукму гьабуна кагътида хъвараб хӏалалда ахӏвал-хӏал бугищали бихьизе сапаралъ рахъине. Ниж дандчӏвана Темиргъой росдал бегавул Булач Улисовгун. Гьесул умумул ккола Шамил районалъул Хучадаса. Анцӏгогӏан соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьес Темиргъое росдае. Булачица тасдикъ гьаруна Гӏалибулат Мухӏамадовасул кагътида рехсарал хӏужаби.\n«Темиргъое росулъ гӏумру гьабулеб буго кӏиазаралда анлънусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс. Гьезда гьоркьоса 70 процентниги руго магӏарулал ва хутӏарал лъарагӏал.\nГьечӏо росулъ лъималазул ах, аптека ва цогидал социалиял объектал. Буго гӏицӏго школаги фельдшерасулгун акушерасул пунктги. Районалъул администрациялъ планалде босун буго ФАПалъул бакӏалда амбулатория базе. Гьелъие гӏарацги биччазе буго федералияб бюджеталдаса. Хӏадурун буго лъималазул ах базе бакӏги хӏажатал документалги. Гьелъие бихьизабун буго гектаргӏанасеб ракь, гьабун буго «зеленка». Амма гӏарац гьечӏолъиялда бан, иш кагътидаго хутӏун буго. Районалъул бетӏерас нижее рагӏи кьун буго тӏасияб соналдагӏаги гьелъие нухал ратизе.\nХӏакъикъаталдаги, Махӏачхъалаялдаса Хасавюрталде унеб шагьранухдаса Темиргъое росулъе сверулеб бакӏ буго цӏакъ хӏинкъи бугеб. «Нижеца хитӏабал гьаруна районалъулги республикаялъулги нухмалъиялде. Хъван жаваб нижехъе бачӏинчӏо, амма абуна исанагӏаги машина сверизабизе хӏинкъи кколареб хӏалалда нух къачӏазе бугин абун.\nТемиргъоялдаса Уллубиевкаялде унеб нух къачӏалеб букӏана немцазул технологиялда рекъон, цементгун чабах жубан. Амма гьелъул жо ккечӏо. Гьединлъидал Дагъавтодоралъ хӏукму гьабуна Сапаргӏали росулъа байбихьун Темиргъоялде щвезегӏан хъил тӏезе», — ян бицана Булач Улисовас."}
{"slug": "7014-zakhimatal-e-kurab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7014-zakhimatal-e-kurab-giumru", "title": "Захӏматалъе кьураб гӏумру", "date": "2020-01-29 06:55:20", "categories": ["pismo"], "text": "Цӏунтӏа районалъул Хутӏрахъ росулъа Хӏизбула Хӏайбулаев ккола бищун кӏудияв чи – гъоркьиса гьес тӏубана 90 сон.\n15 сон бараб мехалда, ай 1944 соналда, Хӏизбула росдал гӏадамалгун цадахъ гочине ккана Чачаналде. Гӏумру гьабулеб букӏана Ведено районалъул Эрсеной росулъ. Доба микьго класс лъугӏун хадуб Ведено районалъул военкоматалъ Хӏизбула ахӏана Советияб армиялде. Армиялдаса тӏадвуссун хадуб цӏализе лъугьуна Челябинскалъул тракторазул заводалда цебе бугеб механизаторазул курсазде ва, гьебги лъугӏизабун, тӏадвуссана Эрсеной росулъе. Чачаналда Хӏизбула хӏалтӏула 6-7 соналъ нухазул отделалда трактористлъун. 1957 соналда тӏадруссуна ватӏаналде.\nРосулъе тӏадруссарал гьезда батуларо я росулъ, я колода эхетараб мина-рукъ. Кинабго бухӏун батула гуржияз. Цӏунтӏал гочинарун хадуб Сталиница цӏунтӏадерил ракь кьун букӏана гуржияхъе, риидал гӏи-боцӏи хьихьизе абун. Гӏолохъанав Хӏизбула жувана цӏигьабун мина базе ва Замалъа абураб бакӏалда букӏараб кули къачӏазе. Гӏуцӏана цӏидасан магӏишат, байбихьана хьихьизе гӏи-боцӏи, хӏалтӏизабуна ах-хур.\nЦӏунтӏа партиялъул райкомалъ гьев ахӏула Бежтӏе, восула партиялъул мухъилъе, кьола нухазул отделалда тракторалда хӏалтӏизе бакӏги. Цӏунтӏа районалда нухал рахъулаго, Хӏизбула хӏалтӏула 15 соналъ Бежтӏа-Кидиро ва Кидиро-Хутӏрахъ бахъулеб нухда. 1971 соналда Кидиро-Хутӏрахъ нухги рагьула ва Хутӏрахъ росулъе нух бахъарав чиги ккола гьев. Росулъе тӏоцебе трактор бачаралъухъ анкьго сон бараб оцги сайгъат гьабула гьесие жамагӏаталъ.\n1971 соналда, хӏалтӏул цевехъан хӏисабалда, КПССалъул Цӏунтӏа райкомалъ Хӏизбула витӏула Махӏачхъала шагьаралда Совпартшколалда цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, росулъе тӏадвуссун вачӏаравго, Хӏизбула тӏамула Хутӏрахъ росдал Энгельсил цӏаралда бугеб колхозалъул председательлъун. Районалдаго нахъеккараб колхоз букӏана гьеб. Хӏизбулал нухмалъиялда гъоркь гьеб ккана бищунго лъикӏазул мухъилъе. Кӏвахӏ лъаларев, лъикӏав нухмалъулев хӏисабалда, 1970 соналда Хӏизбула мустахӏикълъана «В. И. Ленин гьавуралдаса 100 сон» абураб медалалъе ва райкомпартиялъул грамотабазегун шапакъатазе.\nПенсиялде ун хадувги хӏалхьиялда чӏечӏо Хӏизбула: колода гӏи-боцӏиги хьихьун вуго, гьесул буго 15 чӏегӏерхӏайван. Хӏизбулаца риидал гьабула хӏан, нах ва бичизе босула Махӏачхъалаялде.\nХутӏрахъ росдал жамагӏаталъ баркула Хӏизбулада 90 сон тӏубай. Гьарула гьесие щулияб сахлъиги."}
{"slug": "7015-shagikderil-askerkhanov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7015-shagikderil-askerkhanov", "title": "Шагьикьдерил Аскерханов", "date": "2020-01-29 07:00:55", "categories": ["pismo"], "text": "Тӏайгиб Халитов гьавуна 1937 соналда Цӏунтӏа районалъул Шагьикь росулъ. Гьес анкьго сон бараб мехалда, гьезул хъизамги цогидал цӏунтӏадерил жамагӏаталго гӏадин, гочинабуна Чачаназул Ведено районалде. Гьел ккана Балгъата росулъе. Гьениб лъугӏизабуна Тӏайгибица гьоркьохъеб школаги.\n1957 соналда хъизам тӏадбуссана гӏагараб росулъе. Лъабго соналъ армиялда хъулухъги гьабун, Тӏайгиб цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде. Гьев тӏамуна Мокъокъ росдал фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пункталъул (ФАП) нухмалъулевлъун. Хадув хӏалтӏана Шаури росдал участкаялъулаб больницаялда.\nБигьаяб букӏинчӏо фельдшерасул хӏалтӏи. Машинадул нух гьечӏел росабалъе гьаризе кколаан гӏемерал сапарал, балеб гӏаздалгун цӏадал яги иххица араб нухалъул санги гьабичӏого. Тӏайгиб Халитовасул берзукь букӏана 10 росдал жамагӏат – кисан ахӏи тӏаде щваниги, вахъунаан гьев сапаралде. Аллагьасул кумекалдалъун, гьес хвасар гьавуна чанги чи.\n1970 соналда гьев тӏамуна Шагьикь росдал ФАПалъул нухмалъулевлъун. Гьенив Тӏайгиб хӏалтӏана 40 соналъ. Росуцояз, жидер гьабураб тӏалабалъухъ, Халитовасе кьуна «Шагьикьдерил Аскерханов» абураб цӏарги.\n50 соналъ хӏалтӏана Тӏайгиб Халитов больницаялда. Гьев къадаралде щвана 82 сон бараб мехалда, амма росуцояздаги цогидал цӏунтӏадеридаги гьев кидаго кӏоченаро."}
{"slug": "7016-muzykant", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7016-muzykant", "title": "Музыкант", "date": "2020-01-29 07:37:28", "categories": ["deti"], "text": "Херав чанахъан, гохӏда гӏодовги чӏун, чагъана хъвалев вукӏана. Гьесие цӏакъ бокьулаан музыка. Бакънал жинцаго ургъизеги гъира букӏунаан гьесул. Амма бажарулеб букӏинчӏо. Гьенисан унев цо лъалев колхозчияс гьесда абуна:\n— Чагъанаги гӏодоб лъун, туманкӏ кодобе босе. Тункӏидаго лъикӏ бачуна дуца. Гьабсагӏат рохьоб ци бихьана дида.\nХерас чагъана гӏодоб лъуна ва ци киб бихьарабилан цӏехана. Цинги, туманкӏги босун, рохьове ана. Рохьоб херас гӏемераб заманалъ балагьана ци, амма гьелъул лъалкӏцин батизе кӏвечӏо. Свакана херав ва хӏухьбахъизе цо хӏохьода гӏодов чӏана. Гӏажаибго сасун букӏана рохьоб. Цониги гӏаркьел чӏваркьичӏо. Хӏинчӏалъ гьаракь гьабичӏо.\nЦо дагьаб заманалдасан ззиин-н-нилан берцинаб гьаракь рагӏана херасда. Дагьалъги чӏун, цӏидасан бахъана гьебго гьаракь. Щивдай рохьов бакънал рачунев вугевилан, чанахъан тамашалъана.\nХерав тӏаде вахъана ва цӏодорго гьаракь бахъараб рахъалдехун ана. Гьаракь рохьил рацӏцӏалъудасан букӏин лъана. Херав, вахчарулаго, гьениве щвана ва накӏкӏигъотӏода нахъасан валагьун чӏана. Рацӏцӏалъуда буго пириялъ бекараб гъотӏол гӏучӏахараб хӏехь. Хӏохьода цебе, квачӏалъ цо гӏучӏги ккун, бугоан ци.\nЦица жиндего цӏала гӏучӏ ва биччан тола. Цинги бахъулаан доб берцинаб гьаракь – ззиин-н-ннн. Бетӏерги къулун, ци гӏенеккулаан.\nГӏенеккана херавги. Къотӏана гьаракь. Цица цӏидасан нахъе цӏана ва биччан тана гӏучӏ.\nКъасиялде довго колхозчи унев вукӏана херасул кӏалтӏасан. Херав чагъанагун кӏалтӏа гӏодов чӏун вукӏана. Гьес килщица цӏалеб букӏана чӏчӏва, ва гьелъ ззинан ахӏулеб букӏана.\nКолхозчияс херасда гьикъана:\n— Щиб ккараб, чӏварабищ ци?\n— Чӏвачӏо, — ян абуна херас.\n— Щайха чӏвачӏеб?\n— Кинха дица гьеб чӏвалеб, дунго гӏадаб музыкант гьебги батараб мехалъ.\nХерас бицана пириялъ бекараб гъотӏол гӏочӏода циялъ бакъан бачунеб букӏараб куцалъул."}
{"slug": "7017-kiigo-kver", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7017-kiigo-kver", "title": "Кӏиго квер", "date": "2020-01-29 07:40:27", "categories": ["deti"], "text": "Багӏараб ххамалъ чӏухӏизабураб столалда тӏад данделъана кӏиго квер. Цоцазе саламги кьун, байбихьана гьикъаризе:\n— Мун лъил? – ан гьикъана тӏадагьаб тамахаб квералъ къуватаб пинкьахараб квералда.\n— Дун ккола трактористасул квер! – ан чӏухӏадго жаваб кьуна пинкьахараб квералъ. – Дица хур бекьула, тӏорщел бакӏарула. Чед гӏезабула, гӏадамал кваназарула. Халкъалъ дир хӏурмат гьабула. Дуца щиб гьабулеб? Мун лъилха кколеб?\n— Дун буго музыкантасул квер! – ан жаваб кьуна тӏадагьаб квералъ. – Дица музыка бачуна, бакънал рахъула. Музыкаги къваригӏунелъулха гӏадамазе.\n— Битӏараб буго, дицаги дур цӏакъ хӏурмат гьабула, — ян абуна пинкьахараб квералъ. – Музыка гьечӏеб гӏумру букӏинаан чӏамучӏаб, хаслихъе цӏад гӏадаб цӏорораб."}
{"slug": "7018-l-imalaze-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7018-l-imalaze-asaral", "title": "Лъималазе асарал", "date": "2020-01-29 07:43:58", "categories": ["deti"], "text": "Ролъул тӏор\nДунги кӏодоэбелги\nХурире щвезе ана,\nСвакарал ниж цо ссанда\nХӏухьбахъизе лъалхъана.\nСверухъе валагьана,\nБихьана цо ролъул тӏор:\nНилъер кӏудадал гӏадал\nМихъал ругоан гьелъул.\nСордо\nЛъиданиги лъачӏого,\nЛъилго изну гьечӏого,\nБачӏана лахӏ гӏадинаб,\nБачӏана бецӏаб сордо.\nТамахаб бусен тӏамун,\nГьури кьижизабуна,\nГьодида кверал рахъун,\nХӏанчӏи сасинаруна.\nГӏурччинхарил кӏутӏбузде\nПунхъана лъел къатӏраби,\nТӏугьдузул гӏанабазда\nБагӏараб лъуна накъищ."}
{"slug": "7019-l-imalaze-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7019-l-imalaze-asaral", "title": "Лъималазе асарал", "date": "2020-01-29 07:53:27", "categories": ["deti"], "text": "Цӏунцӏра\nБачӏунеб буго цӏунцӏра,\nЦӏан хадуб харил сумгун,\nЦӏунцӏрабазул гохӏде гьеб\nБихьула бахун унеб:\n— Цӏунцӏра, цӏунцӏра,\nСваканищ?\nЦӏунцӏра, цӏунцӏра,\nБакъанищ?\nБакъги багӏарун бугин,\nРагӏадги бихьуларин.\n— Дун гарцӏ гуро – сваказе,\nКӏанцӏ-кӏанцӏ гуро – бакъизе,\nМихъал кьурун хӏалтӏулеб,\nХӏалчӏахъад, цӏунцӏра буго."}
{"slug": "7020-l-alishch-nuzheda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7020-l-alishch-nuzheda", "title": "Лъалищ нужеда?", "date": "2020-01-29 07:56:04", "categories": ["deti"], "text": "Дунялалдаго бищунго кӏудияб кӏул гьабуна Англиялъул Стаффорд шагьаралда.\nГьелъул борхалъи бахуна 120 сантиметралде. Гьеб 3 чиясда хӏалицаго гурони кодобе босизецин кӏоларо. Кӏул гьабун буго цо фирмаялъул заказалда рекъон.\n* * *\nАмерикаялъул Колорадо штаталда къватӏибе биччана дунялалда тӏад бищунго кӏудияб тӏехь. Гьелъул цӏайи бащалъула 252,2 килограммалда, гьениб буго 300 гьумер. Гьединаб тӏехь тӏаде босизе хӏажалъула чанго чи. Гӏадатияв чиясул рокъоб библиотекаялда лъезе рес гьечӏеб гьеб тӏехьалъул кӏудияб интерес букӏуна гӏемерал гӏадамазе."}
{"slug": "7023-gielmu-g-veti-giamal-pikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7023-gielmu-g-veti-giamal-pikh", "title": "Гӏелму – гъветӏ, гӏамал — пихъ", "date": "2020-01-29 08:06:05", "categories": ["history"], "text": "Бусурбабазул гӏалимзабаз батӏи-батӏияб заманалда, батӏи-батӏиял гӏелмиял бутӏаби церетӏезариялъулъ лъураб лъалкӏ буго цӏакъго гъваридаб.\nГьебгиха, Европа лъавукълъиялъул ва бецӏлъиялъул нухда букӏараб мехалда. Абизе ккола, исламиял гӏалимзабазул кумекалдалъун цебетӏеялъул нухде гали бегьанин Европаялъиланцин.\nГӏелму цебетӏезе ккани, хӏажалъула гӏемераб кагъат. Гьединаб куцалда кагъат гьабизе къваригӏуна фабрика. Гьебги бичӏчӏун, 794 соналъ Багъдадалда тӏоцебе гьединаб фабрика барав чи ккола ибн Фазил (739-805). Гьев вукӏана доб заманалда халипалъун вукӏарав Гьарун Рашидил вазирасул вас.\nГьеб заманалда европаялъулазда кагъат гьабулеб къагӏида лъазего лъалароан. Хадуб гьединабго фабрика бана Египеталдаги (800 сон) Андалусиялдаги (950 сон). 1100 соналда кагъат гьабулеб фабрика бана Византиялда, 1102 соналда – Сицилиялда, 1228 соналда Германиялда ва 1309 соналда – Англиялда. Хӏакъаб жо, кагъат гьабулел фабриказул кӏудияб кумек ккана гӏелму цебетӏезабиялъе, батӏи-батӏиял тӏахьал хӏадур гьариялъе.\n891 соналда цохӏо Багъдадалда рукӏана тӏахьал хъвалезул 100-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Аль-Вакъиди (747-823) абурав машгьурав тарихчи хведал, гьесул нахъарокъоб ратун руго 600-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб тӏехь жаниб бугел сандукӏал. Щибаб сандукӏалъул бакӏлъиялъулги бицуна гьеб щуго чиясда хӏалица гурони багъаризабизецин кӏолеб букӏинчӏолъиялъ.\nАнцӏабилеб гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Сахӏип бин Гӏибадал библиотекаялда букӏун буго доб заманалда Европаялъул тӏолалго библиотекабазда рукӏараздасаги цӏикӏкӏун тӏахьал.\nБусурбабаз гӏелму цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏа борцун хӏалкӏолеблъун букӏинчӏо. Гьел сундулго рахъалъ рукӏана цебесеб кьерда ва медицина, физика, математика, химия, гьединго цогидалги гӏелмабазда росана чӏахӏи-чӏахӏиял бергьенлъаби. Масала, местӏер ва философ ибн Синал (Авиценна) хӏакъалъулъ рагӏичӏев чи дунялалдаго ватиларо. Гьесул «Къанун» абураб тӏехь кколаан медицинаялъул бутӏаялда хӏалтӏулелщиназ пайда босулеблъун. 600 соналъ гьеб тӏехьалдаса гӏелму лъазабулаан Европаялъул университетазда цӏалулезгун хӏалтӏулез.\nГазеталъул хадусеб номералда бицина медицинаялъул гӏелмуялда лъалкӏ тарал исламиял гӏалимзабазул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "7045-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-magiarulasul-tsiar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7045-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-magiarulasul-tsiar", "title": "Дагъистаналъул тарихалда 300 магӏаруласул цӏар", "date": "2020-01-31 07:35:44", "categories": ["rel"], "text": "Анцухъа Гӏали\n(1947-1996)\nАзербайжаналъул Милли-мажлисалъул депутатлъун вукӏарав Гӏали гьавуна 1947 соналъул 1 июналда Азербайжаналъул Белокан районалъул Магъамалар росулъ.\nГьесул эмен Гӏабдулкъадир ккола XX гӏасруялъул 20-абилел соназда Лъаратӏа районалъул Анцухъ росулъа гӏумру гьабизе Белокан районалде арав магӏарулав.\nГӏали кколаан хъизамалда бищунго гьитӏинавлъун. Кӏудиял вацал Гӏалидибир Кӏудияб Ватӏанияб рагъда тӏагӏана, Асилдар чӏаго вуго, Гӏалихан хвана 2009 соналда.\nБелоканалда Гӏабдулкъадирица цоги чӏужу ячана — Кьенсерухъа лъай бугеб тухумалъул яс Назани.\nГӏали вукӏана гьелъие Тамарадаса хадув гьавурав вас.\n1970 соналда захӏматаб унтудаса хадув гьесул эмен хвана ва вукъун вуго Белоканалда.\nГӏали гӏуна Махӏачхъала шагьаралда, яцалда аскӏов ва, гьениб къасисеб школаги лъугӏизабун, тӏадвуссана Белоканалде.\nЖиндирго захӏматалъулаб нух байбихьана геологоразведкаялъул идараялда хӏалтӏиялдаса. Хадув Гӏали вачана Белоканалъул соказул заводалде шоферлъун.\nГӏали вукӏана хӏинкъи-къай гьечӏев, хӏалтӏизе бажари бугев, гӏадамасе кумек гьабизе хӏадурав чи. Гӏумруялъул 20 сон тӏубайдал, гьев вукӏана кӏудияб, цебетӏолеб заводалъул бетӏерав инженерлъун. Заводалъ къватӏибе биччалеб къайи къватӏисел улкабаздеги битӏулаан. Кватӏичӏого гьев тӏамуна заводалъул генералияв директорлъун. Гӏалица, хӏажаталщинал цӏиял станокалги росун, завод гӏатӏид гьабуна ва биччалеб къайи дагьабги цӏикӏкӏинабуна.\nЗахӏматалдаса хӏинкъуларев гьев лъугьана Закаталаялдагун Белоканалда, ай Цӏоралда ругел магӏарулазул цевехъанлъун ва Азербайжаналъул политикияв хӏаракатчилъун.\n90-абилел соназда гьев чанго нухалъ къабул гьавуна Азербайжаналъул президент Хӏайдар Гӏалиевас, гьенир ругел магӏарулазул суалал дандразе.\n1996 соналда гьев чӏвана Баку-\nялда.\nСаламов Ахӏмад\n(1947)\nТохтур, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат.\nГьавуна Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъ 1947 соналъул 27 январалда, учителасул хъизамалда.\n1970 соналда гьев витӏана Гъизляралъул больницаялде цаби-гӏусазул тохтурлъун хӏалтӏизе.\n1972-1974 соназда Ахӏмадица лъугӏизабуна Дагъмединституталъул клиникияб ординатура, гьелдаса нахъе хӏалтӏизе лъугьана больницаялда отделениялъул заведующийлъун.\nГьеб отделение поликлиникаялде сверизабун хадуб, гьев тана гьелъул бетӏерав тохтурлъунги.\nАхӏмадица 33 соналъ нухмалъи гьабуна республикаялъул Северияб рахъалъул цаби-гӏусал цӏуниялъул хъулухъалъе ва гьеб лъикӏазул кьеразулъе бачана.\nГьев ккола тӏолгосоюзалъул ва Россиялъул стоматологазул съездазул делегат, тӏадегӏанаб даражаялъул тохтур.\n1992 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏар. Ахӏмад 1990-1995 соназда вищана Дагъиста-\nналъул Верховный Советалъул депутатлъун ва чанго нухалда Гъизляр шагьаралъул собраниялъул депутатлъунги.\nАхӏмад ккола, рагъулал шартӏазда гӏадамал цӏунулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло «Бихьинчилъиялъул» орденалъе муста-хӏикълъарав тохтурги. Гьесдаса хадув Россиялда гьединаб шапакъат кьуна машгьурав лъималазул тохтур Л. Рошалие.\n2011 соналда Ахӏмадие медицинаялъул хӏалтӏухъабазе сайгъат гьабураб тӏоцебесеб памятник баялъе гӏоло кьуна республикаялъул пачалихъияб премияги.\n2013 соналдайин абуни Дагъистаналъе гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе гӏоло Ахӏмад Саламов мустахӏикълъана «Дагъистаналъул Халкъияв бахӏарчи» абураб цӏаралъеги.\nАсхӏабов Асхӏаб\n(1948)\nСССРалъул гӏелмабазул Академиялъул ва Коми Республикая-\nлъул прикладнияб минералогиялъул рахъалъ (1988) пачалихъияб премиялъул лауреат (2007), Коми гӏелмияб Централъул Президиумалъул председатель, Россиялъул ва Болгариялъул гӏелмабазул Академиязул хӏакъикъияв член.\nГьавуна 1948 соналъул 17 августалда Цӏумада районалъул Хуштада росулъ. Цӏалана росдал школалда, хадув 1963 соналда ана Воркутаялде ва гьениб гӏарцул медалалда лъугӏизабуна 10 класс. 1966 соналда цӏализе лъугьана Пермалъул пачалихъияб университеталде. 1968 соналда вачӏана Махӏачхъалаялде университеталъул физикаялъул факультеталде ва гьеб лъугӏизабуна 1971 соналда.\nАсхӏабица, Воркутаялде нахъги вуссун, хӏалтӏизе байбихьана школалда физикаялъул учительлъун.\n1972 соналда хӏалтӏизе лъугьана РАНалъул Коми гӏелмабазул централда геологиялъул институталда. 1972-1975 соназда цӏалана СССРалъул гӏелмабазул академиялъул Коми филиалалъул аспирантураялда.\n1977 соналда цӏунана кандидатасул диссертация.\n1981 соналда гьев вищана РАНа-лъул Уралалъулаб отделениялъул Коми гӏелмабазул централда бугеб геологиялъул Институталъул эксперименталияб минералогиялъул лабораториялъул заведующий-лъун.\n1989 соналда Ленинградалъул пачалихъияб университеталда цӏунана гӏелмабазул докторасул диссертация.\n1997 соналъул 30 маялда Асхӏаб вищана Россиялъул гӏелмабазул академиялъул член-корреспондентлъун.\n2006 соналъул маялдаса байбихьун хӏалтӏана Коми гӏелмияб Централъул Президиумалъул председательлъун. 2008 соналъул февралалдаса — Коми гӏелмияб Центра-лъул геологиялъул Институталъул директорлъун.\n2011 соналъул 22 декабралда Ас-хӏаб вищана Россиялъул гӏелмабазул Академиязул хӏакъикъияв членлъун (академик).\nГӏумру гьабулеб буго Сыктывкар шагьаралда.\nКъурачев Мухӏамадтӏагьир\n(1948)\nДагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустахӏикъав артист, музыкалияб искусствоялъул рахъалъ республикаялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, вокалалъул профессор.\nГьавуна Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъ 1948 соналъул 19 декабралда. Росулъ школаги лъугӏизабун, гьев ана Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе. Тӏадвуссун хадув хӏалтӏана Дагъистаналъул телевидениялда, лъугӏизабуна Дагъпединституталъул музыкалияб факультет.\n1990 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго «Дагъистан» абураб пачалихъияб ансамблялда дирижерлъун ва солистлъун. Гьес дарсал кьола ДГПУялъул музыкалияб факультеталдаги. Гьеб ансамблялда цебе Мухӏамадтӏагьирица гӏуцӏана «Магӏарулал» абураб Дагъистана-лъул киналго мацӏазда кучӏдул ахӏулеб бихьиназул квартетги.\nМ. Къурачев ккола педагог, миллатал гӏемераб Дагъистаналъул интеллигенциялъул чӏухӏилъун. Гьес цӏунун руго авар миллата-лъул кочӏол цересел къагӏидаби, гӏадатал. Гьединлъидал гӏолеб гӏелалъул гьунарчагӏазе гьес кьолеб тарбия буго цӏакъ кӏвар цӏикӏкӏараб.\nМухӏамадтӏагьирица гӏуцӏана жидеца халкъалъул гӏадатал, гӏамал-хасият бихьизабулел анцӏ-анцӏ гьайбатал вокалиялгун хореографиялъулал композициял. Гьезда гьоркьор руго «Салам дуе, дир Дагъистан», «Гӏагараб ракь», «Моцӏрол гьумер бугей», «Суйдум», «Кӏиго тӏегь» ва цогидалги.\nМ. Къурачев вуго машгьурав кочӏохъан, кьурдухъан. Гьев сценаялда вугелдаса буго 50-ялде гӏагарарал сонал. Мухӏамадтӏагьир лъала Россиялда, гӏагарал ва рикӏкӏадисел улкабазда. Гьесул руго гӏемерал Россиялъул ва Халкъазда гьоркьосел конкурсазда росарал бергьенлъаби. М. Къурачевас кучӏдул ахӏула Россиялъул халкъазул батӏи-батиял мацӏазда.\nГьев вуго гӏицӏго кочӏохъан гуревги, махщел цӏикӏкӏарав композиторги. Магӏарул гьунарчиясул бакъназда ахӏулел Дагъистаналъул шагӏирзабазул кучӏдузул къадар 100-ялдасаги цӏикӏкӏун буго. Халкъазул рекӏелъ кидаго цӏунун буго гьес ахӏулеб Дагъистаналъул гимн.\nРакӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе гӏоло Мухӏамадтӏагьир Къурачев муста-хӏикълъана «Гьудуллъи», «Дагъистан Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» орденазе ва гӏемерал цогидал шапакъатазеги."}
{"slug": "7047-magiarul-muzykaliyab-madaniyatalda-shagiiral-ul-sarinal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7047-magiarul-muzykaliyab-madaniyatalda-shagiiral-ul-sarinal", "title": "Магӏарул музыкалияб маданияталда шагӏиралъул саринал", "date": "2020-01-31 07:48:17", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарулазе йокьулей шагӏир-забазул цояй йиго Тубхӏат Зургьалова.\nГьелъул цӏар ба-хъарабги гӏола – магӏарулазул гьурмазда гьими басандула. Къваридазе дунялги гӏатӏид гьабула гьелъ, гьезул рохелалда жиндирго сариназул маржаназул куназ талихӏалъул тӏугьдулги рекьула гьелъ. Тубхӏатил лирикаялъулъ нилъеда батула цӏакъго бацӏцӏадаб рокьул гӏидра. Гьелъул ватӏаналде бугеб гӏищкъул ахӏилъун ккола имам Шамилги, Хӏажимурадги, Ахӏулгохӏалъул бахӏарчиял руччабиги, гӏагараб Дагъистанги, магӏаруллъиги, гьелда нур базабулел магӏарулалги. Шагӏиралъул шигӏраби нилъгун руго.\nМагӏарул адабияталда буго Тубхӏатил шигӏрабазул улкаги, жиндирго хаслъигун, рокьигун, рохелгун, рогьелгун.\nДие ракӏалдещвезабизе бокьун буго гьеб улкаялдаса шигӏраби магӏарул кочӏол гъасде роржунел рукӏинги. Ва цӏидасанги рагӏула нилъеда йокьулей шагӏиралъул хӏайранаб гьаракь…\nМагӏарул кочӏолаб маданияталда хасаб бакӏ ккола Тубхӏатил сариназ. Гьез цин рачуна гӏищкъуялъул цӏурал тӏогьолал байдабазде, гьоболлъи бала рокьул куназ накъищал угьарал анищазухъ, заманалдасан гьел гьелчола ва цӏакъго чӏухӏун бицуна магӏарул росабазул къисаги, магӏарулазул гӏумруялъулги, ватӏаналъулги, тарихалъулги хӏакъалъулъ.\nТубхӏат Зургьаловалъул кучӏ — дузе роржен кьуна Мухӏа-мадтӏамир Синдикъовас, Ахӏмад Закариевас, Эльмира Аминовалъ, Ахӏсарат Мухӏамадовалъ, Аминат Махаевалъ, Апанди Мухӏамадовас, Хӏажилав Хӏажилаевас ва цогидалги магӏарул кочӏохъабаз.\n«Къоязул маржанал гарбидаги ран…»\nТубхӏатил буго гӏажаибго недегьаб поэзия. Гьелда кӏола лъималазул ракӏал реэдизеги. Киназухъаго гуро гьеб бажарулеб, амма шагӏиралъулъ буго цо балъголъи, лъимал асир гьарун бажарулеб. Гьей гӏемер щола нижехъе школалде, лъималазулгун ва цӏалдохъабазулгун дандчӏваязде. Йокьулей шагӏир ячӏараб къо нижее байрамалде сверула.\nДагьаб цебегӏан букӏана, шагьаралъул школазда гьоркьоб тӏобитӏулеб, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул ва шагӏирзабазул асарал кьочӏое росарал къецал. Гьел, театралияб къагӏидаялъ гӏуцӏарал къецазда гӏахьаллъулелъул, нижер школалъул цӏалдохъабаз бихьизабуна шагӏиралъул «Дир гьайбатаб Алипба» тӏехьалъул кьучӏалда хъвараб спектакль ва мустахӏикълъана лъабабилеб бакӏалъе.\nГьединго кӏудияб асар гьабуна дие «Маржанал» тӏехьалдаса кучӏдузги. Хасго «Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз» ва вацасул хӏакъалъулъ хъвараб «Яцалъул саринал» кучӏдуз.\nШамсигат Майндурова,\nМахӏачхъалаялъул №11 гимназиялъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель\nЗаманаги, дунги, дир Дагъистанги…\nТубхӏат йиго жакъа шагьаралъул цӏалдохъабазе йокьулей магӏарул шагӏир. Кида ва кие ахӏаниги, гьелъ инкар гьабуларо. Кидаго урхъун рукӏуна гьей йихьизе. Цӏалдохъабазда жалгоги ратула гьелъул шигӏрабазулъ. Гъоркьиса шагьаразул школазда гьоркьоб тӏобитӏараб шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул кучӏдуздаса гӏуцӏараб литературиябгун музыкалияб композиция бихьизабуна дир цӏалдохъабаз, ва гьезие щвана тӏоцебесеб бакӏ.\nДие кӏудияб асар гьабуна шагӏиралъул «Хӏажимурад» кечӏалдаса бахъараб видеоклипалъ. Гьелъ цоги нухалда нахъехун регана магӏарул бахӏарчияб тарихалъул тӏанчал.\nЭльмира Жамалова,\nМахӏачхъалаялъул №8 лицеялъул Дагъистаналъул адабияталъул учитель\nДир Тубхӏат\n— Салам, Тубхӏат!\n— Йорчӏами, хирияй.\nТубхӏат, дур гьаракь рагӏидал, дуниялго роцӏунеб куцха дие. Гьале жакъаги гьуинал пикрабалъ мунгун йиго дун. Нахъехун регулел руго дирго гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал. Гьенир руго дур шигӏрабаз хъварал гьурмалги. Гьенисан гьимулел руго дие дур саринал. Гьез ракӏалдещвезабулеб буго гӏолиллъиялъул гӏидраги, гьенир тӏегьазе къуват гӏечӏел гӏишкъул тӏугьдулги.\nМиллаталъул ургъелазул угьиялъ рижизарурал гьал цоял сариназги гьурщулеб буго дур рекӏел хӏал. Магӏарул руччабазул къисматги бе-кӏкӏана дуца цӏалдолезул ракӏазулъ, эбелалъухъ чӏвараб дур чӏегӏераб кӏазил махӏ абадиялъего бессун хутӏана дир тӏолабго чорхолъ.\nГӏисинлъималазул кӏалдиб гьоцӏо хъвана дур «Дир гьайбатаб Алипбаялъ». Гӏисинал гьудулзабазе дуца рагьана магӏарулазул хӏикмалъабазул цӏураб дунял.\nМиллаталъул гъасде дуца данде гьарурал гьезул лъай-хъвай ккана магӏарул тарихалъулгун, маданияталъулгун, гӏадатал-гӏамалалгун.\nДуца магӏарулазе бицана миллаталъул чӏухӏилъунги бухӏилъунги кколев Хӏажимурадил къиса.\nАмма цо-цо мехалда ракӏги къварилъула цо хасаб гугьаралъул кьер чӏвараб дур берцинаб гьурмадасан, гӏанабиги чурулаго, гьулчун бачӏунеб магӏил гӏор бихьидал. Гьеб угьдулеб буго чӏван лъолеб ритӏухълъиялъухъ. Гьединго гьеб нажасалъ чанги лъукъана лъимадул гӏадаб хӏеренаб, недегьаб дур ракӏги, чанги чӏор речӏчӏана дур пикрабаздаги.\nАмма дуе къуват кьуна гӏагараб халкъалъул дуде бугеб гӏажаибго гвангъараб рокьиялъ. Гьелъго\nбатила мун цӏунарайги гӏумруялъул гьураздасаги гӏазу-цӏералдасаги.\nГьелъул кумекалдалъун цӏидасанги тӏирщула дулъ роолги ихдалилги тӏугьдул.\nМун йиго рохалил бакъалъ цӏурай шагӏир. Гьеб бакъул чӏорал киналго магӏарулазе рикьизе хӏадур йиго мун. Гьезул щибалъулги буго цо хасаб кунчӏи. Гьеб кунчӏи рекӏелъ ккун, щола дур саринал магӏарулазул гъасде. Гьез бицуна миллаталде бугеб рокьул цӏураб дур рекӏел хӏалги.\nДур юбилеялъул заманги гӏагарлъулел гьал къояз гьаризеги бокьун буго дур гӏумруялъе даимаб рогьелги, къисматалъе абадияб ихги, пикрабазе гьарзалъиги.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "7048-tokhturgi-sistemagi-shchiv-vitiarav-shchiv-tiek-av", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7048-tokhturgi-sistemagi-shchiv-vitiarav-shchiv-tiek-av", "title": "Тохтурги системаги: щив витӏарав, щив тӏекъав?", "date": "2020-01-31 08:09:23", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул ортопедо-травматологиялъул централда лучевой диагностикаялъул отделениялъул заведующийлъун вукӏарав Салим Халитовас пикет лъазабун букӏана 29 январалда, ай, кодоб ккун кӏудияб плакатгун бащдаб сагӏаталъ эхетун чӏана гьев больницаялда цеве.\nГьелдаса хадуб гьединабго пикет Халитовас гьабуна ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда цебеги.\nМун щиб гьабулев чиян тохтурасда гьикъизе щивниги вачӏинчӏо гьеб кӏиябго идараялдаса къватӏиве.\n18 январалда интернеталда тӏи-битӏана Салим Халитовас республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасде гьабураб видеохитӏаб. Гьес гьениб гӏарз бахъулеб буго ортопедо-травматологиялъул централъул бетӏерав тохтур Гӏабдурахӏман Хӏасановасда тӏасан.\nЦин Халитовас бихьизабуна гордоцин гьечӏеб къваридаб жиндирго кабинет, цогидаб кабинеталъубе ине лъураб, гӏеблъиялда 40 см гурони гьечӏеб нуцӏа, чӏарбиде рарал коробкабазул, пакетазул цӏураб рощногохӏ гӏадаб архивалъул рукъ.\nХадуб гьес бихьизабуна Путинил кумекалдалъун централъе щвараб мультиспиральный компьютерный томограф лъезехъин бугеб кабинет. Амма нормативазда рекъон, свера-хъверизе бажарулареб, къваридаб бакӏ кколеб буго гьеб.\nСалим Халитов рази гьечӏо щуго соналъ цебе магнитно-резонанснияб томографалдаса больницаялъ пайда гӏарцухъ босулеб букӏиналдаса. ФОМСалъ санайилго хӏажаталгӏанасел квотаби кьолел рукӏаралани, гьенир унтарал чӏорого къабул гьаризе рес букӏунаанин бицунеб буго Халитовас. Гьеб кьечӏолъиялъ гьанжелъагӏан МРТ гьабизе рачӏарал нилъер гӏадамаз гьеб гьабун больницаялъе кьун буго 30 млн гъурущ.\nГьеб видеохитӏабалдаса хадуб централде вачӏун вукӏана сахлъи цӏуниялъул министр Хӏажиибрагьимов.\n«Амма дун гьесулгун тохтурзабазул данделъиялде виччачӏо бетӏерав тохтур Хӏасановас. Гьес хъаравуласда абуна дун централда жаниве виччагеян. Цинги министр вихьана дида гьениса нахъе унелъул. Машинаялда аскӏове щвезегӏан гьесда хаду-хадув унев вукӏана дун. Амма гьев гӏенеккичӏо дихъ», — илан бицана Салим Халитовас.\nГьелдаса хадуб Сахлъи цӏуния-лъул министерствоялъ инстаграмалдасан кьуна заведующияс бицараб жо битӏараб гьечӏилан абураб жаваб.\nМасала, унтаразул 80 проценталъе МРТ чӏобого гьабулила. Гьединго отпускалде унелъул Халитовас гьеб аппарат свинабун танила, гьелда-лъун гьес унтарал махӏрум гьарунила медицинаялъул кумекалдаса.\nАмма Салим Халитовас гье-лъие жаваб кьуна жинца отпускалде унелъул гьениса нахъе босулеб букӏанила живго бетӏергьанаб жесткий диск. Больница бетӏергьанаб диск гьениб букӏинчӏо.\nЖиндир хитӏабалъе Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ гьединаб къимат кьей квеш букӏарав Салим Халитовас больницаялдаса нахъе ине гӏарза хъвана.\nГьабсагӏаталда гьесул букӏараб хъулухъалде цӏияв чи восун вуго.\n29 январалда централда цебе тӏобитӏараб пикеталда тохтурас бицана, законалда рекъон, жиндир рес бугила 14 къоялда жаниб гьеб гӏарза нахъе босизе. Амма больницаялъул нухмалъиялъ хъата-масан чи восун вугила гьениве. Тӏекълъи бокьунгутӏиялъ жив гьениса рикӏкӏалъизавизе къваригӏун бугила гьезие.\nЦентралъул бетӏерав тохтур Гӏабдурахӏман Хӏасановасул пикру цӏехезе ракӏалде ккана нижеда.\n— Гӏабдурахӏман, дуца яги министрас тӏаса лъугьин гьаризе бугищ Салим Халитовасдаса? Гьес пикеталда нижее бицана нужеца гьерсал рицун ва жинда бугьтанал лъолел ругилан.\n— Сундаса тӏаса лъугьин дица гьаризе кколеб? Масала, дица гьесие гьабураб жо щибниги гьечӏо.\n— МРТ 90 проценталъ гӏадамазе гӏарцухъищ нужеца гьабулеб?\n— Больницаялда регаразе чӏобого гьабула. Амма хӏукуматалъ нижее изну кьун буго гьеб гӏарцухъги хӏалтӏизабизе. МРТ буго кутакалда багьаяб аппарат. Гьединлъидал гьелъухъ арал харжал рахъинаризеги ккеларищ? Гьединго, гъоб буго кидаго хӏалтӏулеб букӏине кколеб аппарат, чӏезабизе кинго бегьуларо.\n— Гордал гьечӏеб кабинет кин бичӏчӏизе кколеб?\n— Бугеб куцалда щай гьес кинабго бицунареб? Гъоб буго цойги бакӏазда ремонт гьабун бахъинегӏанилан, жиндиего бокьун, жанив чӏезе гьес тӏаса бищараб бакӏ. Кабинеталъе-ян ургъунго гьабураб рукъ гуро гьеб. Обход гьабулеб мехалда гьенив гӏодов чӏун вихьун, жаниб гьури басандулеб бакӏалда щай, вас, мун гӏодов чӏун вугевинцин абуна дица. Гьев квачалев вукӏин бихьидал, дицаго нуцӏаги лъезабуна гьениб.\n— Компьютерный томограф…?\n— Гьеб лъезе кабинетги жинцаго тӏаса бищана Халитовас. Лучевой диагностикаялъул отделениялъул заведующийлъидал гьев вукӏарав. Гьеб хъулухъги дица кьун букӏана гьесие гьелде щвезегӏан бащдаб ставкаялда хӏалтӏулев ватун.\nГьеб аппарат киб лъелебали бихьизабулеб фирмаялъул проектировщикал рукӏуна. Гьелгун цадахъ Салимица хӏукму гьабун бугоан томограф гьадаб видеоялда бихьизабураб кабинеталъуб лъезе. Гьеб проекталда гъоркь гъулбас лъеян Салимида дицаги абуна. Амма фирмаялъул чагӏазе гьеб данде ккечӏо – бетӏерав тохтурасул гъулбас букӏине кколилан чӏана гьел. Гьединлъидал гъулбас дир буго гьениб.\n— Архив?\n— Нижер кӏигониги архив буго цоги бакӏалда, гьеб видеоялда бихьизабураб рукъ тӏубанго рехун тараб бакӏ букӏана. Букӏаниги, рентген-плёнкабиги цогидабги гьенибе баччизабун батана Салимица медсестраялда. Телевидениеги, прокуратураги, цогидалги рачӏун рукӏана гьелъухъ балагьизе. Амма заведующий хӏисабалда Халитовасухъ гӏенеккичӏого жиндир рес букӏинчӏин абуна медсестраялъ.\nГьел плёнкабазда хадув вачӏунев чиги вукӏунаро гьениве. Рощногохӏде рехизеги бегьуларо гьел. Лицензия бугеб хасаб фирмаялъ нахъе ракӏаризе ккола. Амма киб гьединаб фирма бугебали, лъагӏалица балагьаниги, нижеда батичӏо (я аукционазда, я цогидалъуб).\n— Министрасул данделъиялде дуцайищ Халитов гьукъарав?\n— Лахӏчӏегӏераб гьереси буго гьеб. Гьес абулев хъаравулги дир гьечӏо, министрасулги гьечӏо.\nМинистрас гьикъана Салим кив вугеван. Отпускалда вугин абуна дица. 2 февралалде щвезегӏан отпуск бугелъулха гьесул. Цинги данде-лъиялдаса къватӏире унеб мехалда вихьана дида Салим министрасда хадув унев. Кӏалъай кканищ гьезул яги ккечӏебищали, дида лъаларо.\n— Жесткий дискалъул хабар битӏараб бугищ?\n— Гьечӏо. Цо къоялъ МРТялъул кабинеталъув квалквадулев ватана лъазего лъаларев гӏолохъанчи. Мун щивин гьикъидал, Салимица абуна жиндир вац вугила гьев, тестирование гьабулев вугила. Бокьа-бокьарав чи гьединаб хирияб аппараталда аскӏове къазе щай толевин кӏалъана дун гьесда.\nПалхӏасил, дагьалъ чӏун Салим вачӏана МРТялда жаниб букӏараб жесткий диск хун батун, цӏияб босун лъунила жидеца. Дида щиб лъалеб – букӏанищ гьениб гӏунгутӏи, букӏинчӏищали. Гьединлъидал диск хисиялъе ккараб гӏунгутӏи бихьизабун экспертас кьураб кагъат бихьизабеян абунаха дица Салимида. Дида щиб лъалеб – хисун батичӏогогицин батизе рес буго гьеб диск.\nГьеб дагӏба кисан байбихьарабали щайха Салимица бицунареб?\n— Араб декабралъул ахиралда 5 процентилан кагътида тӏадги хъван дихъе вачӏана гьев. Ришват кьечӏого заведущийлъунги тун, дие цо сайгъат-салам гьабизедай гьасда ракӏалда бугоян ккана дида. Гӏарцухъ МРТ гьабун щвараб хайиралда тӏаса щуго процент кьейила жиндие июналдаса байбихьун. Дица инкар гьабуна. Щайгурелъул гьесие гуребги, цогидал тохтурзабазеги кьолеб харжида гъорлъе жубан букӏуна гьеб хӏукуматалъ. Батӏа кӏанцӏун Салимие щуго процент кьуни, закон хвезаби кколаребищ гьеб?"}
{"slug": "7049-suratchi-zhurnalist-kh-vadarukh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7049-suratchi-zhurnalist-kh-vadarukh-an", "title": "Суратчи, журналист, хъвадарухъан", "date": "2020-01-31 08:35:10", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьанжеялдаса щуго соналъ цебе анкьабилеб декабралда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Республикаялъул миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Россиялъул Журналистазул союзазул член, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, суратчи, хъвадарухъан Нигӏматулагь Нурмухӏамадовас 80 сон баялъул хӏурматалда данделъи.\nЮбилярасул бицунаго мацӏазул, литератураялъул ва искусствоя-лъул институталъул директор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас абуна «Багӏараб Байрахъалъул» щибаб номералда рукӏунаанила гьес рахъарал рекӏее асар гьабулел суратал. «Гьединго Нигӏматулагьил кӏудияб гьунар буго очеркал, макъалаби хъвазеги. Дагъистаналдаго рагӏизабуна гьес рагъул бахӏарзазулги, хӏинкъи-къай лъаларел полициялъулазулги, гӏадатиял гӏадамазулги гӏемерал цӏарал. Нигӏматулагьил асаразулъ, хасго суратазулъ бихьулеб буго нилъер халкъалъул гӏумруги тарихги», — ян бицана М. Мухӏамадовас.\n«Молодежь Дагестана» газета-лъул хӏалтӏухъан Марат Хӏажиевас абуна, редакциялъул архивалда ругел Нигӏматулагьил суратал рихьидал, гьесул махщелалъ гӏажаиблъизавунила жив. «Жакъа гьел суратал ккола нилъер халкъалъул тарих. Щибаб сурат буго цӏакъ ургъун бахъараб, тӏубараб сюжет», — ан кӏалъана М. Хӏажиев.\nАкадемик, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Шамил Гӏумаровас бицана Нигӏматулагьица жиндир хӏакъалъулъ хъван букӏанила очерк. Битӏараб бицунев ва хъвалев, ракӏбацӏцӏадав, тӏекъаб жоялда тӏад рекъолареб гӏамалалъул инсан вугила Нигӏматулагь.\nХъвадарухъан, журналист Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовас абуна 50 соналъ хӏалтӏанила жив Нигӏматулагьида цадахъ магӏарул газеталда. Гьесие хасиятаблъун кколила гьабулеб иш рагӏа-ракьанде щун гьаби. «Гьев щвечӏеб росу, вахинчӏеб борхалъи, лъугьинчӏеб кӏкӏал Дагъистаналда хутӏунго батиларо. Гьесул суратал руго балагьарасе асар гьабулел ва гӏадамазул рекӏелъе лъугьунеб къагӏидаялда рахъарал."}
{"slug": "7050-60-son-giumruyal-ul-zaval", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7050-60-son-giumruyal-ul-zaval", "title": "60 сон – гӏумруялъул завал", "date": "2020-01-31 08:43:13", "categories": ["barkiyal"], "text": "Шамил районалъул мугӏрузул жаниблъиялда буго найил тӏулби гӏадин тӏатӏала сокӏкӏарал минабазул гьитӏинабго Лъануб росу. Лъандадерил буго жидерго хасаб мацӏги. Бугониги магӏарул газеталъулги адабияталъулги кӏудияб къимат гьабула гьеб росулъ.\nГьитӏинго бижана, доб мехалъ «Магӏарул большевик» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе биччалеб букӏараб, республикаялъул газеталдехун рокьи, гӏумру гьеб газеталъе кьурав фотомухбир ва журналист Нигӏматулагь Нурмухӏамадовасулги. Нурмухӏа-мадовазул рокъоб гьобол камураб мех букӏунароан. Кӏудияб гъираялда гӏенеккулаан гьитӏинав Нигӏматулагь гьезулги инсулги накъиталъухъ, гьез магӏарулазул церехъабазул хӏакъалъулъ рицунел халкъиял биценазухъ. Гьединлъидалги батила, жиндирго кьерилаздаса магӏарул мацӏ гьесда лъикӏ лъалеб букӏарабги. Жеги школалда цӏалулаго байбихьана Нурмухӏамадовас районалъул газеталде хъвадаризе. Хъвадариялда цадахъго Нигӏматулагьица байбихьула суратал рахъизеги. Тӏоцеве Лъанув суратал рахъулев чи вукӏун вуго фельдшерлъун хӏалтӏизе витӏун вачӏарав Иванин абурав цо гӏурусав. Жеги школалде иналдего, «Магӏарул большевикалда» лъурал суратаз хӏикмалъизавурав гьесие кӏудияб давла букӏана нахул чирахъухъе суратал гьарулев Иванида аскӏов вахъун чӏезе щвей. Гьеб махщела-лъул тӏоцересел дарсалги гьев ракӏ лъикӏав инсанасдасан щванин жиндиеян бицуна Нигӏматулагьица.\nЛъугӏана школа. Гӏолохъанав магӏаруласда церечӏун рукӏана: «Кинаб махщел тӏаса бищилеб? Киве цӏализе инев?» — абурал суалал. Гӏакълу дандбазе аскӏов вукӏинчӏо эменги, тӏоцебесеб классалда цӏалулаго камуна Нигӏматулагьие гьев.\nМахӏачхъалаялъул цо къотӏнов вахъунги чӏун пикрабалъ вукӏуна тӏоцеве шагьаралде щварав гӏолохъанчи. Цин ракӏалде ккола, фельдшер Иванго гӏадин, медиклъун вахъун лъикӏин. Хадуб гьес пикру гьабула цин цо кинаб букӏаниги хӏалтӏуде лъугьун лъикӏ гуродаян. Ахир-къадги Нигӏматулагь цо минаби ралеб организациялда хӏалтӏизе лъугьана. Лъагӏелалъ гьенивги хӏалтӏун, гьев лъугьуна Махӏачхъалаялъул дармил техникумалде. Гьенив цӏалулаго магӏаруласул гьудуллъи ккола сельхозтехникумалда цӏалулев Гӏабдулмажидин абурав цо даргиясулгун. Лъикӏав фотограф ватула гьев, ва Нигӏматулагьил махщел цӏубаялъе кӏудияб квербакъи щола Гӏабдулмажидидасан.\nТӏокӏлъиялда техникум лъугӏарав магӏарулав, директоралъ тӏалабги гьабун, витӏулев вукӏуна Москваялъул къватӏисел улкабазулгун дармил институталде цӏализе. Амма Нигӏматулагь ракӏалъ магӏарул газеталде цӏала. Тӏоцебе газеталде гьесул нух байбихьула подчитчиклъиялдаса. Гьоркьоб Нигӏматулагьица цо лъагӏелалъ Цӏунтӏа учительлъиги гьабула. Амма киве щваниги, Нурмухӏамадовасда кодоб букӏунаан дов даргиясул босараб «ФЭД» фотоаппаратги. Гьабсагӏатги гьесул бечедаб фотоархивалда руго дол соназ шагьаралдаги магӏарухъги рахъарал заманаялъ тӏогьиллъарал суратал. Магӏарухъа Нурмухӏамадов тӏад вуссуна махщел цӏубарав фотографлъун ва гьев «Багӏараб байрахъалъул» фотомухбирлъун хӏалтӏизе лъугьуна. Анцӏила лъабго соналъ кӏудияб махщалида нухда бачуна гьунар бугев магӏарулас гьеб, къечарасе лъимгӏан газеталъе чара гьечӏеб хӏалтӏи. Гьел соназ Н. Нурмухӏамадов гӏахьаллъула республикаялъулги, гьеб тун къватӏирехуниселги гӏемерал фотовыставкабазда. Гьесул суратал рахъула гуржиязул, чачаназул ва цогидал миллатазул газетаздаги централиял журналаздаги. Киса-кибго Нигӏматулагьил творчествоялъе кьуна кӏудияб къимат. Н. Нурмухӏамадов ккола гӏемерал фотоконкурсазул лауреат. Гьесул махщелалъе кӏудияб къимат кьуна Болгариялъулги Югославиялъулги специалистаз.\nНилъеда щибаб къоялъ бихьулеб, нилъеда ругьунаблъун кколеб гӏемераб лъугьа-бахъиналъул, инсанасул гӏумруялъул батӏи-батӏиял рахъазул суратазул мацӏалдалъун бицине, инсанасул рекӏел хӏал суратаздасан баян гьабизе гьедигӏан бигьаяб иш гуро. Фотомухбирасул махщалида бараб буго гӏумруялъул лъугьа-бахъинал битӏараб къа-гӏидаялда, ракӏазе асар гьабуледухъ рихьизари. Ракӏчӏун абизе кӏола Н. Нурмухӏамадовасухъа гьеб масъала бергьенлъиялда тӏубазабизе бажарун бугин. Фотоархивалъул хал гьабидал бихьула Нигӏматулагьил «гаргадулел» суратал ругеблъи. Жакъа республикаялъул батӏи-батӏиял газет-журналазда хӏалтӏулел руго\nН. Нурмухӏамадовасдасан махщел щварал гӏемерал фотомухбирзаби.\nНурмухӏамадовас бажарун бачунеб букӏана «Такъсир ва тамихӏ» абураб тема. Закон цӏуниялда ва гӏадлу-низам букӏинабиялда хурхун хъварал макъалабазе гӏоло гьев мустахӏикълъун вукӏана республикаялъул МВДялъул дипломалъе. Шапакъаталин абуни Нурмухӏамадовасул гӏемерал руго. Ракӏбацӏцӏадаб захӏматалъе гӏоло Нигӏматалугь кӏодо гьавуна «Захӏматалъул ветеран» медалалдалъун.\nХӏурматияв Нигӏматулагь, гӏа-гараб «Хӏакъикъат» газеталъул тӏолабго коллективалъ баркула дуда гӏумруялъул 85 сон тӏубай. Гьарула щулияб сахлъи, халатаб гӏумру, рохел ва талихӏ."}
{"slug": "7052-ganzhegi-bokuleb-ishalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7052-ganzhegi-bokuleb-ishalda", "title": "Гьанжеги бокьулеб ишалда", "date": "2020-01-31 10:34:55", "categories": ["barkiyal"], "text": "Ишцояз, цадахъхӏалтӏаразвагӏага-божаразмашгьурав журналист вахъвадарухъанНигӏматулагьНурмухӏамадовасда, «Бергьенлъиялъулсолдатал», «ГьезВатӏаналъегӏологӏумрукьуна», «Гӏумруялъулхӏокӏал» абуралтӏахьазулавторасда, ракӏ-ракӏалъ баркана гӏумруялъул 85 сон тӏубай.\nНигӏматулагь гьавуна Къахӏиб (Шамил) районалъул Лъануб росулъ. Къахӏиб росдал школаги лъугӏизабун, балугълъиялде вахарав гӏолилав, Нигӏматулагь, вачӏана Махӏачхъалаялде, ва гьес хӏукму гьабуна Дагъистаналъул пачали-хъалъулаб медицинаялъул институталде цӏализе лъугьине. Хадубги ракӏалде ккана рагъулаб училищеялдего лъугьун лъикӏилан. Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъ гьесул документал къабул гьаризе инкар гьабуна.\nЗахӏматалъулаб хӏаракатчилъи байбихьана бакӏал ралеб организациялда хӏалтӏиялдаса. Хадув хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул ччугӏил консервал гьарулеб заводалда. Лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул дармилгун кулинарияб школа, гьелдаса хадуб цо лъагӏелалъ Бежтӏа росдал школалда учительлъун хӏалтӏана.\nЦо къоялъ гьев вачӏана «Багӏараб байрахъ» газеталде ва гьенив хӏалтӏана 50-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Школалда цӏалулеб заманалдаго, Нигӏматулагьица макъалаби хъвалаан Къахӏиб районалъул газеталде. Бокьулаан суратал рахъизеги. Республикаялъулаб газеталда подчитчиклъун хӏалтӏулагоги, гьес кодоса биччалароан фотоаппарат. Кватӏичӏого гьев тӏамуна «Багӏараб байрахъ» газеталъул фотомухбирлъун. Гьес махщалида рахъарал суратал рахъа-на «Советияб фото», «Театралияб гӏумру» ва цогидал журналаздаги. Гӏахьаллъи гьабуна республикая-\nлъулал, тӏолгосоюзалъулал ва халкъазда гьоркьосел фотовыставкабазда, гьесул хӏалтӏабазе щвана грамотаби, дипломал. Хасго ракӏалдаса унареблъун Нигӏматулагьие буго, 1970 соналда Москваялда тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб выставкаялда гӏуцӏиялъулаб комитеталъул председатель, СССРалъул культураялъул министр Е. П. Фурцевалъ кьураб диплом.\nНигӏматулагь Нурмухӏамадовас гӏахьаллъи гьабуна Москваялда, Типлисалда ва цогидал шагьаразда тӏоритӏарал семинараздаги. Гьесул гӏумруялъулъ лъикӏаб лъугьа-бахъинлъун ккана Расул Хӏамзатовасулгун лъай-хъвай ккей. Гьелъие багьаналъун лъугьана Нигӏматулагьица, республикаялъул\nцо фотовыставкаялда гӏахьаллъи гьаби. Гьеб выставкаялде Расул Хӏамзатов ахӏун вуго Северияб Кавказалда вукӏарав ТАССалъул фотомухбир Рудольф Дикица. Гьелъул хӏакъалъулъ Расулица гьадин бицунаан:\n— Рудольф Дикица гьарун дун ун вукӏана суратазул выставкаялъухъ балагьизе. Гьесие бокьун букӏана дица гьес рахъарал суратал реццун, насихӏатазул тӏехьалда хъвазе. Амма дие Дикил гурел, Нигӏматулагь Нурмухӏамадовас рахъарал суратал цӏикӏкӏун рокьана, — ян.\nГьеб выставкаялда Расул Хӏамзатовасе хасго бокьана, рорхатал мугӏрузул Къахӏиб районалдаса, росдал хабалалъ чӏегӏераб ретӏелги ретӏун чӏарай магӏарулалъул сурат. Доб заманалда гьединал суратал къанагӏат гурони рукӏунароан, щайгурелъул суратазул выставкабаздасан рихьизарулаан партиялъул хъулухъазда хӏалтӏулезул, гӏухьбузул, дояркабазул, спортсменазул ва культураялъул хӏаракатчагӏазул портретал. Хас гьабун гьеб хӏужаялде кӏвар кьун батила Расул Хӏамзатовасги.\nГьелдаса хадуб Н. Нурмухӏамадов ахӏулаан Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ тӏоритӏулел тадбираздеги. Нигӏматулагьица гӏемерал суратал рахъана Расулилги, гьесул гьудулзабазулгун поэтазулги, хъвадарухъабазулги, машгьурал гӏадамазулги, захӏматчагӏазулги, заводазулгун фабриказул церехъабазулги. Гьел суратаздасан данде гьабуна кӏудияб альбом ва гьеб сайгъат гьабуна Расул Хӏамзатовасе. Гьеб фотоальбомалдаса гӏемерисел суратаз берцин гьарулел руго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул минаялъул къадал, руго гьел Расул Хӏамзатовасул музеялдаги, гьез нугӏлъи гьабулеб буго кӏудияв поэтасул творчествоялъулаб нухалъе.\n13 соналъ Н. Нурмухӏамадов хӏалтӏана «Багӏараб байрахъ» газеталда фотомухбирлъун, литературияв хӏалтӏухъанлъун, хасав мухбирлъун, кӏудияв мухбирлъун, жавабияв секретарасул заместительлъун. Хӏалтӏудаса тӏечӏого гьес лъугӏизаруна Москваялда, журналистазул централияб рукъалда цере рукӏарал кӏигосонилал журналистикаялъул лекториял, хадуб Ростовалъул областалъулаб тӏадегӏанаб партиялъул школалъул журналистикаялъул факультет. Гьедин, хъулухъалъулаб ишалъ гьесда тӏаде ккана газеталъул гьурмазда Дагъистана-лъул ихтияралгун законал цӏунулел органазул хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ хъвазеги. Пагьму бугев журналистас Дагъистаналъул милициялъул хӏалтӏухъабазул хӏаракаталъул хӏакъалъулъ нус-нус макъалаби, очеркал, харбал хъвана. Гьелде тӏадеги, гьесул харбал, очеркал ва Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветераназул, ихтиярал цӏунулел органазул хӏалтӏухъабазул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби, рахъарал суратал гъираялда лъолаан республикаялъул газетазда, журналазда.\nКӏиго-лъабго рагӏи абичӏого тӏубаларо гьесул лъади, гӏумруялъул гьудул Рисалатил ва гьезул лъималазул хӏакъалъулъги. Гьелги руго гӏадамазе лъикӏлъи бокьулел, хӏалхъублъи гьечӏел, гьалбал хириял чагӏи. Гьединго гьел гьесул хьолбохъ чӏана Нигӏматулагьил иргадулаб тӏехь басмаялда бахъизе хӏадур гьабулелъулги, гьелъул цебелъей гьабулеб тадбиралдаги.\nГьеб тӏобитӏана Республикаялъул\nРасул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда. Гьенибго тӏобитӏана 2016 соналда\nН. Нурмухӏамадовас рахъарал суратазул выставка, хадусеб соналда Авар театралда букӏана «Расул Хӏамзатов Н. Нурмухӏамадовас ра-хъарал суратазда» абураб цӏаралда гъоркь кӏиабилеб выставкаги.\nН. Нурмухӏамадов ккола ДРя-лъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, гьев вуго Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, захӏматалъул ветеран. Гьесие шапакъаталъе кьун руго ДАССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамота, РФялъул МВДялъул жанисел аскаразул бетӏерав командующиясул грамота, ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота, Дагъоблсовпрофалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамота, СССРалъул Журналистазул союзалъул Хӏурматалъул грамота, Россиялъул Журналистазул союза-лъул диплом.\nГьабсагӏаталда Нигӏматулагь мустахӏикъаб хӏалхьиялда вуго, амма гьес бокьулеб иш гьоркьоса къотӏизе толеб гьечӏо. Гӏолохъанал мухбирал журналистикияб махщалие цӏализарулаго, гьезие жиндирго хӏалбихьи бикьулаго, Нигӏматулагь хӏалтӏулев вуго «Гӏахьвалал-Ашвадо» газеталда.\nНигӏматулагьил асаразул бахӏар-заз яхӏ-намусалда ва ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна жиндирго хъулухъа-лъулаб налъи. Нилъеда къвал бала гӏагараб Ватӏан бокьиялъул чӏухӏиялъул асаралъ, гьелъул унго-унгоял патриотал рокьиялъул шавкъалъ. Щаклъи гьечӏо, гьединал асарал хъвазе къуват гӏола, гьунар бугев ракӏ-ракӏалъ гӏагараб халкъги ватӏанги бокьулев чиясул, унго-унгояв патриотасул."}
{"slug": "7053-insanasul-ikhtiyaral-tsiuni-zhamgiiyatal-ul-aslu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7053-insanasul-ikhtiyaral-tsiuni-zhamgiiyatal-ul-aslu", "title": "Инсанасул ихтиярал цӏуни– жамгӏияталъул аслу", "date": "2020-01-31 10:38:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналъул хӏукуматалъул рокъоб араб соналъ гьабураб хӏалтӏул хӏасил гьабуна республикаялъул Бетӏерасда цебе бугеб жамгӏият цебе тӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъ.\nДанделъи рагьулаго, Советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана Россиялъул Президентас Федералияб Собраниялде гьабураб Хитӏабалда инсанасул ихтиярал цӏуниялде, халкъалъул рукӏа-рахъиналъул даража борхизабиялде кьураб кӏваралъул ва нилъер республикаялда гьел суалазда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва араб соналда Советалъ гьабураб хӏалтӏул.\nГьес тӏадчӏей гьабуна республикаялда гӏаммаб куцалда инсанасул мурадал тӏураялъе гьабулеб хӏалтӏи, гӏадамазул жамгӏияб хӏаракачилъи тӏадеялдаса тӏаде борхулеб бугониги, гьеб рахъалъ цо-цо районазда ва шагьаразда ругел гӏунгутӏабаздаги. Хасго гьел руго халкъалъе медицинаялъул рахъалъ гьабулеб гӏей гьечӏеб хъулухъалда рарал.\nАраб соналда Лаваша, Гъизилюрт районазда, Избербаш шагьаралда Советалъул членаз гӏадамал тӏаде къабул гьарун, гьезул суалал тӏураялъе кумек гьабуна.\nАмма гьелдаго цадахъ республикаялда ккана журналист, «Черновик» газеталъул мухбир Гӏабдулмумин Хӏажиевасул ихтиярал мукъсан гьарун, гьев туснахъалда лъеялъул хӏужаги. Жегиги тамихӏалде цӏан гьечӏо вацал Муртазгӏалиевал чӏварал такъсирчагӏиги.\nСоветалъул данделъиялда гьоркьоб лъуна гьаб соналъ гьаризе ругел хӏалтӏабазул план ва гьеб къабул гьабуна."}
{"slug": "7054-shchujil-k-imat-l-una-dur-khitiabal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7054-shchujil-k-imat-l-una-dur-khitiabal-e", "title": "Щуйил къимат лъуна дур Хитӏабалъе", "date": "2020-01-31 10:54:53", "categories": ["bakikos"], "text": "(Володя Путинилгун пасатаб гара-чӏвари)\n— Физкультпривет, Володя!\n— Салам, салам, Андийский!\n— Кинаб гьороца хъамун мун нахъеги Дагъистаналде вачӏун вукӏарав гъоркьиса риидал?\n— Дирго политикияб роржен байбихьараб Болъихъ районалъул юбилей кӏодо гьабизеги кӏинусго гарам горячий напитокалъул цадахъ биччалин джигит Умаргаджиевасе кьураб рагӏи кквезеги щун вукӏана дун нужехъе.\n— Тӏубанищха дур мурад?\n— Пидиса на пидиса ккана.\n— Гьеб кин, откатал гӏадин, 50 на 50?\n— Умаргаджиев эмехвадаз юбилеялде ахӏунго ватичӏо, дунгун гӏемер гьекъолин хӏинкъун.\nДицаги цо такъия лъурав, михъал тарав чиясулгун нусго гарам биччана, балъхъадерил ополченцазе сахлъиги гьарун.\n— Сахлъияли гьезул ганщазул гӏадаб бугин, гарамги гӏарац щвезе бугищ ополченцазе?\n— Щибаб рухӏ рикӏкӏун моцӏрое лъабаза-азар гъурущги щвезе буго, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазего гӏадал льготабиги рукӏине руго. Гӏандиса Гӏумаханил, Госдумаялъул депутатасул гьунарги буго гьеб ишалъулъ.\n— Дагъистаналда кинавниги 22 азарго ополченец вукӏин лъалищ дуда?\n— Лъеца агиха нуж..Астагъфируллагь, прости меня Господи, погорячился!\nЛъала, амма цевесалалъ дун Дагъистаналде вачӏиндал, гьеб тарих как минимум щуго нухалъ дагьаб букӏана. Цӏад бан хадуса гӏурдахӏанал гӏадин гӏемерлъулел руго гьал нужер рагъухъаби. Ничего, ничего, улкаялъул казнаги бечедаб буго, квер гӏатӏидав чи дунги вуго.\nТем более дирго кореш Узархановичасе кьураб рагӏуе хилиплъизегӏан хвезе вегила дун.\n— Владимирыч, цо халкъалъго кьолеб суалги буго, дагьаб санагӏат гьечӏеб. Кьеладай, кьелародай?\n— Кьуркьудичӏого, давай валяй, дружок!\n— Нижер власталъул тӏогьир рукӏанщинал чиновникал, чолониса чахъаби киниги, рачун туснахъалъур гъуна. Цо-цо «гъаримаз», жидеего чӏаголъи гьабун, Чӏегӏерралъдал берегазде бухъизабуна. Цойги тайпа Турциялда тӏепун чӏана. Лъабабилел розыскалда руго.\nГьелда бан халкъалъ гьикъулеб буго: нилъер гьайбатаб улкаялда бикъа-хъами цохӏо Дагъистаналда гурони гьечӏебищила. Нагагь батани, бегьуларищила нижер хутӏаралгӏаги чиновникал чангит бачӏого тезе.\nДицаго дагьаб батӏайиса гьикъилаан. Ччугӏа бетӏералдаса махӏцунелъул, Москов шагьаралдаса байбихьун лъикӏ гьечӏищ чиновниказда михир бачине?\nМиллералги киллералги, шуваловалги шуллералги, сечиналги субалучалги самсин рекӏеда рекӏун ругоха ле, Володя.\n— Халкъалъул суалго бокьана дие дуралдаса.\nЖакъа миллераздаги киллераздаги квер хъванани, пачалихъалъулаб строй биххизе, жагъаллъизе, жибго хӏукуматалда жаниб кутакаб гъалмагъир багъаризе рес буго. Тогда прощай, могучая Русь! Гьелде хиялалгун халккун чӏун гьечӏищ Америкаги Западги? Гьединлъидал московалъул суалалде щулаго нуцӏа къан лъикӏ.\nГӏагараб Дагъистаналъул коррупционерал жанир гъеялъул суал босани, гьеб букӏана чара гьечӏого хӏажатаб тадбир. Гӏадада гуре-лъулха дица Дагъистаналде бищун согӏав генерал витӏарав нужер тӏадчагӏазда чангит базе. Эбелал чиновникал туснахъ гьаридал, танкун, тамахлъун, сасун ана гӏисинал хӏакимзабиги. Лъалеб куцалда камиллъана, лъикӏлъана халкъалъул яшавги. Жакъа балагье киса-кирго гӏумруялде рахъинарулел ругел берцинал проектазухъ – «Мой Дагестан — моя вода», «Мой Дагестан — комфортная городская среда», «Мой Дагестан — мои дороги»! Дубаялде сверизе буго цо чанго соналдасан Дагъистан!\n— Тохта, Володя, тохта! Кинаб Дубай, дуца бицунеб щиб?\nДур вода щай халкъалъе еда гьечӏони? 10 азарго цӏулал гъурщиде щиб комфорт букӏинеб шагьараздани щиб гурин, магӏарухъ колодацин? Кида харжал цӏикӏкӏинел гӏадатиял хӏалтӏухъабазул?\n— Гьале гӏажаибго жагьилав журналист.\nДица гӏададайищ чвархъан гӏодоб лъураб, гӏумруялъ хьолбохъ вукӏарав, некӏсияв дружок Дима Медведевасул Хӏукумат?\nДица гӏададайищ материнский капиталалда битӏахъегояб революция гьабураб?\nЦохӏо лъимер гьабуразецин гӏарац кьезехъин буго гьанже хӏукуматалъ. Улкаялъулго роцада борце гьеб жо-это же десятки миллиардов денег из государственной казни. Кому не лень лъимал гьаризе лъугьине руго гьанже россиянал. Россазе цо секундалъги хӏалхьи тезе гьечӏо гъурщаца куркьбал гъурал супругабазги. Андийский, ты вообще представляешь масштаб?!\n— Бахчун щай, Вова, щуйил къимат лъуна халкъалъ дур исанасеб Посланиялъе. Цересел Посланиязда послать гьабулаан дуца сихӏирго население страны, гьанжесалалъ хӏакъикъаталдаги революция гӏадаб жо гьабуна. Хӏалчӏахъаги дур! Диргогицин хиял ккана харадунив вахъун цо гӏолохъанай чӏужуги ячун, дур капиталалъе гӏоло къасиги къадги рухӏалда барахщичӏого къеркьезе.\n— Гьелеха! Херав дурцин хиял лъураб мехалъ, гӏолохъаби чӏезаризего кӏвелищ нилъеда. Хасго мугӏрузул Игитал! Риччанте къеркьезе — къо бухӏараб халкъалъе лишний шагьи-параги щвела, Россиялъул населениеги цӏвабзахъе бахина.\nПолезное с приятнимин абула гьединаб жоялда Жириновскияс.\n— Дур Послание нижер политикияб системаялда хъатӏизе бугищ, хӏурмат тӏадегӏанав нижер бетӏер?\n— Пока гьечӏо. Гӏабугӏалиевичасе цӏакъ бокьула гьадинаб калима: « Я доброволна в Дагестан не пришел и доброволна отсюда не уйду», –\nйилан.\nВиччанте гурун гъуждулгун хӏалтӏизе хӏукуматалъул проектазда тӏад. Мугӏрузул улкаялда канлъидул нур чӏвазегӏан. Гьеб мехалда тӏад руссина нилъ Васильевасул суалалде.\n— Здунов абулев чи Чувашиялъул бетӏерлъун витӏулев вугилан цо рекӏкӏал харбалги руго ахираб заманалда халкъалда гьоркьор. Гьеб жо, лъачи, лъица букӏаниги ургъунго биччан тараб «утка» бугодай?\n— Уткайищ, курицайищ дида лъаларо, амма дир ботӏролъ пока гьединаб Указ паркъичӏо. Васильевги Здуновги кутакалда рекъон ккараб тандем буго, те хӏалтӏизе.\n— Тана, вац Володя, нужерал тана жахӏалго.\nНижералгониги хисеха ле анцӏ-анцӏ соназ, цӏвакизе риццатал гарбалги гьарун, министерствабаздаги парламенталдаги хӏалтӏила ругел.\n— Масала?\n— Не-не, Вова, дураков нет. Дица цӏарал рехсарабго, цӏам ххинабула гьез дидаги дир тухум-кьибилалдаги.\nДирго рекӏее бигьалъиялъе букваби рехсезени кӏолебха цо чанго чиновникасул: БМ, ХШ, Гӏ-РМ, АШК ва гь.ц.\n— Азбука Морзе дие данде кколаро, рехсе цӏар, инсул цӏар, инсул инсул цӏар. Иначе-готовая статья – гъибат ва бугьтан. Это тебе надо, Андийский?\n— Валлагьги не нада, Володя. Я-пас! Буцӏцӏун чӏараб кӏалалъе кӏал ккурабгӏан кири букӏунин абула нижер аксакалаз. Карочи говоря, я- могила, малчу, ничерта жо лъаларо. Лъол хӏарпалги гьересиял, ургъун рахъарал жал руго.\nЦо ахирисеб суалги кьелаан, нижедаго мухбирзабазда хурхараб. Бегьилищ, хӏурматияв?\n— Узухъа, бегьила. Хотя дида лъим гӏадин лъала мухбирзабазул эбелаб суал цо букӏин — бабло, кӏванагӏан цӏикӏкӏун бабло!\n— Вай, дур бабаги, дадаги, даим сагӏат гӏадин хӏалтӏулеб бетӏерги чӏахъаяв Президент! Кӏванагӏан цӏикӏкӏун бабло — гьеб нижее киданиги щвараб яги щвезесеб жо гуро. Анцӏила щугоялдениги бахинародай минимальни харжазул къадар?\n— Гьеб жо цӏияв премьер Мишустинида лъала. Гьес щулияб рагӏи кьолеб буго лъагӏалил ахиралде МРОТ 25 азарго цӏулал гъурущалде бахинабизе кӏвечӏони, Шамилхъалаялъул объединении налоговий инспекциялде мухъилав инспекторлъун ине вугила жив. Яги Шишиликӏ магӏарда гӏиявехьлъун вукӏинила.\n— Баркала, керентурад, гьадинаб камилаб хабар-кӏалалъухъ. Ниж кӏочараб къо къалъугеги улкаялъул эбелал хӏакимзаби — дуеги Миша Мишустиниеги.\nУлкаялъул Кӏудиясулгун хӏин-къи-къай гьечӏого накъит гьабуна бахьикъосазул удаман"}
{"slug": "7071-ragarab-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7071-ragarab-kag-at", "title": "Рагьараб кагъат", "date": "2020-02-03 07:20:44", "categories": ["bakikos"], "text": "«Цӏар лъалареб» росулъа эротикияй бизнесменка Мама — Розахъе\nХӏурматияй Мама-Роза!\nДица цӏакъго тӏадчӏун, мухӏканго хал гьабуна дур махщел-пишая-лъул, дуе щолел щакал гъурщазул, палхӏасил, радал яхъаралдаса къаси сордо бащалъизегӏан щибаб къойилаб дур деятельносталъул.\nЦо кибего берги-кверги щолев бахьикъосарав дир гьалма-гъас гӏинзунибе щурараб жоялда божичӏого, дирго беразда бихьизелъун, дур хъулухъазде хӏажатав клиент хӏисабалда, духъе вачӏана дун.\nДагьа-макъабго мехтараб ххвелги гьабун, дуца гьарараб гӏарцул жоги духъе кьун, дуцаго витӏизавун лъураб бакӏалда хьибилса рехун чӏана дун, щибдай гьалъул хадуб ккелаян.\nГӏемер гьоркьоб мех бачӏого тӏадагьаб, бихьинчи азарталде вахинавулеб тайпаялъул квана-гьекъолеб жоги босун, ячӏун хьибилалда рекъезабураб столалда нахъа гӏодой чӏана мун.\nХапараб квералъ бер къапилелде шишидасан сакӏги инабун, цо-цо осто-осто граммги кӏиязего тӏун, «За неспокойная ночь», — ан гӏурус рагӏиги рехун, гӏанкӏуялъ мугь гӏадин къулчӏун тана дуца гьеб.\nГьаб цӏуяб жоялъулгӏанги гьунар гьечӏев вукӏине кканиян ракӏалдеги ккун, дицаги гьединго гьабуна. Амма хӏалил-мададалъ хутӏана тӏаде тӏурабги гъоркь букӏарабги столалде чӏехьечӏого.\n— Почаще хади к нам, научу тебя уму-разуму, — ян дидаги тенкезабун, чӏухӏараб хъалияналда цӏа рекӏинабуна дуца.\nХӏадурлъиялъул сеанс лъугӏа-раблъунги рикӏкӏун, дуца диргун диалогалде байбихьана.\n— Балъголъи батичӏони, киса кколев мун?\n— Кинабгӏаги балъголъи гьаниб гьечӏо, дун ккола Асахъ мухъалда бугеб Махъалалъ росу бакьулъа.\n— Гӏумруялъул чан тӏамач бегараб дур?\n— Дица исана марталъул 20-абилелъ 38 хасел сверула, — ян анцӏго сон тӏаса бахъараб гьересияб жаваб кьуна дица.\n— Хъизаналъул хӏалалдасан цо-кӏиго рагӏи абиларищ?\n— Абила, хъизанги йиго, гьелда хадуб микьго гьакӏкӏараб кӏалги буго, дие моцӏрол харж кидадай бачӏинаян ралагьун чӏарал.\n— Вахӏ! Хъизанги, гьедигӏанал колода лъималги ругев мун щиб цӏехезе гьанив дир цӏобалде вачӏарав, — ан чӏваркьизарун бералгун ялагьана мун дир бадие.\n— Дир хъизан йиго цӏорол гьаюрайгӏанги цӏоро-гъорорай гӏадан, гьелдасан щвечӏеб хинлъи гьаниб батилародайин хӏалбихьулеб заман буго дир.\n— Это обстоятельство меняет положение, — ян разилъун бачӏана нахъойги дур гьумер.\n— Давайте ближе к делу, — ян серезний видги гьабун, дуе кинаб тайпаялъул товар бокьулеб? — ан цӏехана дуца.\n— Кина-кинаб дур гьаниб букӏунеб? – илан суалалъе суал кьуна дицаги.\n— Дир гьаниб букӏуна: беревно тайпа, торт тайпа, с опитом – без опита. Хӏасил – 9-10 батӏияб ассортимент. Жанир цӏурал – хӏалакъккарал, с ростом – без роста, баландинкабигун брюнеткаби, — ян кӏиябго квералда анцӏабго килищ сукӏун лъугӏана дур, гьел рикӏкӏунаго.\nДие яче дудаго лъикӏ йихьарай ясилан, гӏемерго хӏалакараб ххвел гьабуна дицаги.\nЛъикӏ буго, гьедин гьабилаян диргун диалог лъугӏараблъиги бичӏчӏизабун, нахъе ана мун дун жанив тӏамураб къоринисан.\nМун аралдаса нахъе гӏонкӏкӏол картӏихъ кето гӏадин нуцӏихъ бералги лъун, таманаб мех бана дица. Хӏалакун кӏетӏолеб букӏана каранда ракӏ. Щибаб секунд сагӏтиде сверун бихьарав дие, гӏагарлъулеб букӏана развязкаялъул заман.\nГьале цинтӏаго, рагьун нуцӏагун, ячӏун жанисан ратӏлилъ рукъ бакьулъ эхетана битӏахъе хӏурулгӏин гӏадай берцинай яс. Гьурщун риччан тарал ботӏрол расаз бащдаб лага бахчун бугоан гьелъул, гьурмада цо дагьаб намуслъиялъул гӏаламат – багӏарлъиги бугоан.\nХьибил чӏван вукӏарав дун, дидаго лъачӏого, вахъун ккун ватана, лъачӏого гьакӏкӏан ун батана кӏалги.\n(Хадусеб букӏине бегьула балагьила)"}
{"slug": "7072-yachunej-giurusajgi-giandises-kh-amun-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7072-yachunej-giurusajgi-giandises-kh-amun-ana", "title": "Ячуней гӏурусайги гӏандисес хъамун ана…", "date": "2020-02-03 07:27:36", "categories": ["bakikos"], "text": "Цебего заманалда дида цо чи вихьана Магнитка шагьаралъул Урал гӏурухъ гӏодов чӏун ччугӏа кколев. Щивдай гьав гӏабдал гьадин квачараб сардилъ гьанив гӏодов чӏун ччугӏа кколев абун ракӏалде ккарав дунги «Къули» Мага абулев цо хъаранисевги рилълъана аскӏоре.\nМага вахъана, гьасие саламги кьун, магӏарул мацӏалъ щиб- кинилан гьикъа-бакъизе.\n– Я, вац Мага, хъахӏилал беразул гьав чи кинав магӏарулав вукӏунев, цо жо квеш букӏунев гӏурусав ватила, те магӏарул мацӏги, кӏалъай гӏурусалъ, — илан абуна дица.\nДица гьеб абун бахъиналде гъовги гьавги данд хурхана, вацал гӏадин. Цин лъикӏ гӏодана, къвалалги ран, хадуб байбихьана хабар-кӏал, квешаб-лъикӏаб.\nМа, вукӏун вуго Чӏарадаса магӏа-рулав. Гьикъа-бакъун хадуб якъинлъана гьавги гьенив Уралалда гьобоги бан хӏалтӏулев чи вукӏин. Цӏарги Казя бугила жиндир.\n– Щай гьадин пашман вугев, щиб ккараб жо? Дов дурго гьудул Гӏамирхан киве арав?-илан Магаца гьикъидал, гьав ццидахун лъугьана. Жинца Гӏамирхан чӏвачӏого толарила. Цо кодове щвезе тейила чехькӏодо! Хӏалалъ гӏодов вуссинавун хадуб якъинлъана ккара-тараб.\nМа, ун вуго гьасул гьудул Гӏандиса Гӏамирхан ячун гьасул йикӏарай Елена Григорьевнагун, абурай гӏаданха, гьейги Уралалдаго берцинай. Гьасул хасалил, кутакалда хириял хьиталги рикъун ун руго.\nУнги вуго рикӏкӏадаб Крымалде.\nГьелъ вукӏун вуго, тӏубан дунялалдаса ракӏги буссун, гьанив живго цохӏо хутӏун.\n— Зубайиргӏаги вачӏуневищ гьаниве, дурго гьудул? — ан гьикъана Магаца гьасда.\n— Вачӏунаан цеве, гьанже гьесдаги Элдаридаги нух къосана гьанибе, бечелъун ратила, — ян кӏалъана гьав пашманго.\nРегӏилищ гьасда Зубайир, мехтидал гурони жиндирго дядя Адухӏидецин мобилалъ кӏалъаларев. 800 чуги хьихьун, гьениб фермаги рагьун вугев. 20 чу бугила гьасухъе кьун доб мехалъ вукӏарав Президент Мустӏапа Рахимовас.\nЗубайирицаги гьел рича-хисун хӏурда рарал. 10 соналъ букӏараб гьезул разборка, ахир рекъел ккана, гъорасан-гьанисан маслихӏатчагӏиги рачӏун, цойиде бачана. Гьелдасан хадуб чанцӏулго Зубайирги Муртазаги ратула цо къажарасул «Рекъваб хӏанкъва» абулеб кафеялъусан мехтун къвалалги ран къватӏире рачӏунел.\n— Маслихӏатгӏаги кин ккараб гьазул, — абун гьикъана дица цо нухалъ данде ккарав Элдарида.\nГьевги кив ватарав дова Тюменалда цо кӏкӏаралавгун ражи бичула, лъикӏабго даран кканилан вахъана. Гьес бицана маслихӏаталъе довго Мутагӏелум, Иман-гӏали, гъовасан Гӏангис, ай киналниги бищун къиматал гӏакълучагӏи данделъун рукӏанила. Дова Таш-башалдасан Шайтӏан Гӏалицин вачӏанила гьел рекъезаризе. Гӏалица ахирги данде рачанила.\nГьелъ гьанже Зубайир гьасде регӏилищ?\nГьеб кинабго ракӏалдеги щун Казяде хъвараб букӏана гьаб сарин.\nУрал гӏорухъ гӏодов чӏун\nвуго гьабигьан Казя.\nГьабулеб жоги лъугӏун,\nгӏумруялда ццим бахъун.\nГьабил малърал гъурана,\nгъеду рохьоб къвагъана,\nЯчуней гӏурусайги\nгӏандисес хъамун ана.\nОгь, биххаяб дуниял,\nдие кьолареб талихӏ.\nТана гьаниве рехун\nлъикӏал «бахьикъосаца».\nГьудулзабиго гурел,\nхӏалихьатал ратана,\nЧвантиниб жо лъугӏидал,\nчиго аскӏове къачӏо.\nГьедин гьанив вугони,\nдун лъие хӏажалъилев,\nИна гьанисан ихдал,\nгьобоги чияй бичун.\nКӏудияб Россиялда\nдие бакӏ камиларо.\nБуйнахъский шагьаргӏаги\nбуго жегиги чӏаго.\nЧӏужу гьений ятила —\nя лъарагӏай,я тумай\nГӏурусай, магӏарулай\nдие данде кколаро.\nДир гӏамал-хасиятги\n«бахьикъосазе» тела,\nТавбу гьабун как бани,\nкинабго битӏун ккола."}
{"slug": "7073-dagabgo-gimi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7073-dagabgo-gimi", "title": "Дагьабго гьими", "date": "2020-02-03 07:54:42", "categories": ["bakikos"], "text": "Херал-беццал рос-лъадуда цӏе-хон буго, щиб гьабулелин нуж рукӏунел къаси рокъорилан.\nМокъидаса рортарал гӏанкӏаби гӏадин рукӏунилан жаваб кьун буго хераз.\n***\nВасас инсуда абула:\nДада, эбелалъ абуна мун рокъов хӏатӏида гӏицӏго хьвадейилан. Щай эб элъие?!\n— Эбелалъухъа рукӏкӏби рилун руго, гъолъие къваригӏун буго дуда эл ратизе.\n***\n«Дир гьаракь нужеда жеги рагӏизе буго», — ян абунила хӏамица, гьелъул тӏом къолода балеб мехалъ.\n***\nЦо чи хвараб бакӏалда цояв нахъаса къотӏичӏого синкъдилев, гӏодилев вукӏун вуго. Хварасул гӏагараз абун буго гьав чияс жакъа тӏубан настроение хвезабунилан."}
{"slug": "7074-zhak-asev-tsialdokh-anasul-tialabazda-rek-on", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7074-zhak-asev-tsialdokh-anasul-tialabazda-rek-on", "title": "Жакъасев цӏалдохъанасул тӏалабазда рекъон", "date": "2020-02-03 07:59:24", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гьанжесеб Россиялъул лъай кьеялда лъугьун буго хадургъезе захӏматаб хӏал. Сон байбихьарал реформаби мекъал рукӏанин мукӏурлъулеб гӏадатги гьечӏо, амма реформаби цӏигьарун хисизариялъул ахирги гьечӏо. Реформаторазул пикрабиги батӏи-батӏиял руго. Масала, гӏемер бицунаан, сон-церекъад, ай советияб заманалда школаздагун вузазда лъай щварав учителасухъа жакъасев цӏалдохъанасе дарс кьун бажаризе рес гьечӏин абун. Щай гьеб бажарулареб? Гӏасраби хисаниги, хисун гьечӏелъул методикиял къагӏидабиги педагогикияб гӏелмуялъул кьучӏалгиян кколаан ракӏалде. Дир пикру хисана дагьалъ цебе Гъуниб районалъул Гъоркь Кӏогьориб росдал гьоркьохъеб школалде гьабураб сапаралдаса хадуб.\nГьеб школалъ гьабулеб буго кӏудияб хӏалтӏи. Школалда вуго 60-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Гьитӏинабго школалъе ругел хӏалтӏухъаби гӏун ругин абун чӏечӏого, гьелъул директор Зада Макъсудовалъ хӏаракат бахъулеб буго районалъул школазда хӏалтӏулел ругел бищун лъикӏал учительзаби, махщел гӏахьал гьабизе, пикраби дандразе, гьенире ракӏаризе. Масала, гьенив хӏалтӏулев ватана гъоркьиса «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалъул гӏахьалчи, Хӏутниб росдал школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Рамазан Гъазимухӏамадовги. Гьедин гьение хӏалтӏизе ячӏана гӏурус мацӏалъулгун адабияталъул учительница Мадина Шагьоваги.\nМадинал буго хасаб методика. Абизе бегьила, гьелда гъорлъе журан ругин батӏи-батӏиял методикиял рахъазул лъикӏаллъун рихьарал бутӏабиян. «Советиябги гьелдаса хадусебги заманалъул цӏалдохъаби рукӏана жидее кьураб лъайги босулел, гьеб камилги гьабулел лъимал. Нилъ школалда цӏалулеб мехалда дарсил аслияб ва цӏикӏкӏарасеб заман унеб букӏана цӏияб тема малъиялда. Учителас бицунаан цӏияб дарс ва цӏалдохъаби гьесухъ гӏенеккун рукӏунаан. Гьанжесев цӏалдохъанасул сабру гӏоларо кӏиго минуталдаса цӏикӏкӏараб заманалъ цо чиясухъ гӏенеккизе. Учителас бицунеб жо гьес бигьаго балагьула Интернеталдаса, рес буго цӏалул тӏехьалдаса цӏализеги. Гьединлъидал ратизе ккола батӏиял къагӏидаби. Дир пикруялда, жакъасев учителасе чарагьечӏеблъун ккола психологиялъул лъай. Цӏалдохъанасул пикруялъухъ халкквезеги, гьесул жанисел сурсатал битӏараб рахънире ккезаризеги, цӏалул программаялъул тӏалабал тӏуразаризеги кумек гьабула психология лъаялъ. Технологиязул рахъалъги цӏалдохъанасдаса нахъе хутӏун вуго жакъа учитель», — ан бицана Мадина Шагьовалъ.\nГьелъ абуна, учителасда цебе чӏараб аслияб масъала бугила живго хисизавизе, ай цеветӏезе, хӏадурго вукӏин. Цӏалдохъанасул пикруги жигарги берзукь кквезе гьелъие кумек гьабула цӏияб лъай балагьизе тӏамулел методиказ. «Дица цӏалдохъабазда киданиги бицунаро цӏияб дарсил тема. Дарсги байбихьула цӏалдохъабаз – щибаб къоялъ батӏияв «учитель» вукӏуна. Гьедин гьезда бичӏчӏула учителасул захӏматалъул къимат. Дарсида такрар гьарула ва лъазарула цӏиял рагӏаби – гьелги ралагьула «учительзабаз». Гьезие бищунго захӏмалъулеб жо ккана кьериласул жавабалъе къимат кьей. Гьайгьай, гьеб методалда хӏалтӏизе байбихьараб мехалда дарсие заман къокълъулаан. Амма дагь-дагьккун ругьунлъана гьелде. Ва дида ракӏалде ккола гьебги бугин цӏалдохъабазе дарслъун. Нилъеца лъай гуреб тарбияги кьезе кколелъул гьезие. Дарсил ахиралда цӏалдохъабаз жидецаго хӏасилги гьабун, чӏезабула, кинаб темаялда рекъон дарс гӏуцӏун букӏарабали», — ян бицана Мадинаца.\nМадинал хӏалтӏул ккарал хӏасилал рехсана Зада Макъсудовалъ. «Цо цӏалдохъан вукӏана, ичӏго класс лъугӏизегӏан, лъабилалги лъун, хадув вехъерхъун. Щивав учитель ва гьесул эбел-эменцин мукӏурлъана гьесухъа цӏали бажарунгутӏиялъе. Мадина ячӏараб мехалда гьев тӏуванго хисун ккана. Гьелъу-хъа бажарана цӏалдохъанасул рекӏеде нух батизе. Лъикӏал къиматазда гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, вузалдаги цӏалана гьев хадувккун», — ан бицана директоралъ.\nГӏажаиблъана дун цоги хӏужа халлъидал. Гъоркь Кӏогьориб росдал школалъул цӏалдохъабаз цӏалулел руго художествиял асарал! Гьебги ккола Мадина Шагьова-лъул хӏаракаталъул хӏасил. Гьелъул дарсида гӏуцӏула адабияталъул асаралда тӏасан гургинал столал, бахӏсал. Цо цӏалдохъанас абуна, бахӏсалда гӏахьаллъулеб мехалда мекъи ккезе гурин абураб пикруялъ цӏаланила жинца тӏоцебесеб тӏехь ва дагь-дагьккун ругьунлъанила гьел цӏализе. «Тӏахьазулъ батана дида гӏажаибаб ва нилъер жакъасеб гӏумруялдаса тӏубанго батӏияб дунял», — ан абуна гьес."}
{"slug": "7075-prilagatelnoyal-ul-zhins-3-klass", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7075-prilagatelnoyal-ul-zhins-3-klass", "title": "Прилагательноялъул жинс (3 класс)", "date": "2020-02-03 08:05:25", "categories": ["obrazovanie"], "text": "(Цебесеб 3-абилеб номералда)\nХӏеренаб чирахъ\nХерав кӏкӏал\nГвангъараб кӏодо\nГӏолохъанав рас\nГъваридаб чи\nХӏалимай яс.\nVIII. Дарсил хӏасил гьаби.\nТест\n1. Прилагательное буго: а) рагӏул бутӏа; б) каламалъул бутӏа; предложениялъул член.\n2. Прилагательноялъ бихьизабула: а) предмет; б) иш; в) предметалъул гӏаламат.\n3. Прилагательное жаваблъун бачӏуна гьал суалазе: а) щиб? щив? щий? щал? б) кинаб? кинав? кинай? кинал?\n4. Гьелъул буго … жинс: а) 3; б) 4; в) 2.\n5. Чиясул жинсалъул прилагательноялъе кьола суал: а) кинаб? б) кинав? в) кинай?\nЦӏалдохъабаз халгьабила цоцазул хӏалтӏул. Къиматал лъолеб къагӏида: 0 гъалатӏ – «5», 1 гъалатӏ – «4», 2 гъалатӏ – «3», 4 гъалатӏ – «2».\nIХ. Рефлексия.\nГьалеха, лъимал, щвана нилъее гъамас. Гьанже бице нужеца, щиб нужеда лъараб жакъасеб дарсида? Щиб захӏмалъараб? Нужго нужедасаго рази ругищ? Сунца нужее квалквал гьабураб дарсида?\nГьанже балагье гьал ункъбокӏоназухъ – багӏараб, тӏогьилаб, цӏахӏилаб. Нужеца тӏаса бище жакъасеб дарсие ункъбокӏон.\nХ. Рокъобе хӏалтӏи.\nГамидаса гъоркье рещтӏиналде, лъимал, нилъеца цадахъ босизе ккола рокъобе хӏалтӏиги: 110-абилеб гьумералда бугеб №238 хӏалтӏи гьабе рокъоб.\nХӏ. Дарсида гӏахьаллъарал лъималазе къимат кьей.\nЩивха, нужер пикруялда рекъон, бищунго лъикӏ хӏалтӏарав жакъасеб дарсида?\nДарс лъугӏана. Къомех лъикӏ, лъимал."}
{"slug": "7076-rag-ul-l-imal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7076-rag-ul-l-imal", "title": "Рагъул лъимал", "date": "2020-02-03 08:12:43", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Исана тӏубала 75 сон Кӏудияб Ватӏанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса. Гьелда бан, «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ лъазабулеб буго 5-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб «Рагъул лъимал» абураб темаялда хъварал творческиял хӏалтӏабазул къец.\nРедакциялде ритӏизе ккола 1939-1949 соназда гьарурал гӏадамазул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби. Кинаб букӏараб рагъул соназда гьарурал гӏадамазул лъимерлъи? Кинаб кумек гьабураб гьез гӏагараб колхозалъе, жидерго хъизамалъе? Кинаб гӏумру бугеб гьезул гьабсагӏаталда? Гьел ва цогидал суалазе цӏалдохъабаз кьурал жавабал хӏисабалде росизе руго, къецалде рачӏарал хӏалтӏабазул хӏасил гьабулеб мехалда.\nМакъалаялда цадахъ чара гьечӏого рукӏине ккола суратал: авторасулги, макъалаялда бицен гьабулев чиясулги (лъимерлъуда бахъарабги жакъасебги).\nКъецалда гӏахьаллъизе гъира барал цӏалдохъабазул хӏалтӏаби ритӏизе ккола 20 маялде щвезегӏан kavsarats@yandex.ru яги hakikat1917@mail.ru электронияб почалде."}
{"slug": "7077-khiizhab-farzishch-modajishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7077-khiizhab-farzishch-modajishch", "title": "Хӏижаб – фарзищ, модайищ?", "date": "2020-02-03 08:25:15", "categories": ["history"], "text": "Тӏоцебесеб февралалда дунялалъул гӏемерисел улкабазда кӏодо гьабула хӏижабалъул къо. Гьелъие кьучӏ лъуна Бангладешалдаса Назма Кханица. Назма жеги гьитӏинго йикӏаго, гьелъул эбел-эмен гочун руго СШАялде. Америкаялъул школалда ва институталда цӏалулеб заманалда, хӏижаб чӏварай гьелда тӏад релъулаан цадахъ цӏалулел. Гьеб мехалда байбихьана Кханица Интернеталдаса хӏижабалъул хӏакъалъулъ бицунеб хасаб къокъа гӏуцӏизе, хӏижабалъул кӏваралъулги гьениб гӏемер бицунаан.\nГьелъул пикруялъул рахъ ккуна дунялалъул цогидал улкабазда гӏумру гьабун ругезги. 2016 соналда букӏараб дунялалъулго халкъазда гьоркьосеб хӏижабалъул къоялда гӏахьаллъи гьабуна 116 улкаялдаса 10 миллион чӏужугӏаданалъ. Египеталъул телевидениялдасан передача бачуней яс хӏижабги чӏван цее яхъиндал, гьелъул хӏакъалъулъ хъвана тӏолабго дунялалъулго СМИяз. Цебеян абуни телевидениялда хӏалтӏулел руччабазул гьединаб ихтияр букӏун гьечӏо.\nКӏазил щай бицунеб гӏочӏодаги чӏван?\nХӏижаб ретӏаразе квекӏенал камулел гьечӏо нилъер улкаялдаги. Лъидаго кӏочон батиларо РФялъул Верховный судалъ школазда ясаз кӏаз чӏвазе гьукъиги, гьединго цее йикӏарай лъай кьеялъул министр Ольга Васильевалъ школалда хӏижаб гьукъиялъул рахъ кквейги. Гьединал харбал сабаблъун чӏезабуна школазда цогояб форма.\nНилъ светияб пачалихъалда гӏумру гьабулел ругин, диниял гӏаламатал рихьизарулеб бакӏ школаги гурин абун, хӏижаб ретӏиналда тӏасан гӏарзал камулароан нилъер республикаялдаги. Амма «светияб» абураб рагӏул магӏна дин гьукъи кколарелъул, РФялъул конституциялъул 28-аб. статьяялда рекъон, щивав чиясе рес буго эркенго дин гьабизе.\nРуччабазул ратӏлида сверухъ рицунел харбал Интернет-мухъаздаги жеги гьоркьоса къотӏулел гьечӏо. Жамгӏиял гьиназда хӏижабги чӏван жидерго суратал цере лъурал ясазде «гъегъ балел» камуларо, нечоларищ нуж нужерго гьурмал цере лъезеян абун. Камуларо миллияб ретӏелги, жакъа бусурбанал руччабаз ретӏулебги дандеккун, хӏижаб какулелги.\nКинабха букӏараб нилъер умумузул ретӏел?\nЖакъа гьеб бихьизе рес буго музеязда, батӏи-батӏиял этно-фестивалазда. Рамазан Гӏабдулатӏиповас Дагъистаналъул цолъиялъул къоялде киналго хӏакимчагӏазда ретӏинабун букӏана миллияб ретӏел. Хъулухъчагӏазул мухъилъги цогӏаги миллаталъул чӏужугӏадан расалги гьурщун йихьичӏо. Гьез бетӏер бахчигун щай тӏад рагӏи абулев чи ккечӏев? Цебесеб чохтӏо-кӏазалъ бахчани бегьулеб, щибаб къойил гӏадатияб хӏижаб ретӏани бегьулареб-гӏажаибаб пикру!\nЖакъа бусурбабазул руччабаз ретӏунеб хӏижабги (гьумерги квералги хутӏизегӏан тӏолабго черх бацараб ретӏел) дагъистаниязул миллияб ретӏелги релълъараб бугищали лъазе бокьарал ралагьизе бегьула цересел суратазухъ. Хал гьабе Шамил имамасул хъизаналда руччаби кинаб къагӏидаялъ ретӏа-къан рукӏаралали. Миллияб ретӏелги гьанжесеб хӏижабги бусурбабазул къагӏидаялъ черх бахчараб буго. Доб, щибаб бодул, миллаталъул хаслъи цӏунараб заманалда ратӏлилъги букӏана жиндирго хаслъи. Магӏарулазул, лъарагӏазул ва цогидал миллатазул букӏана жиндалъун гьел миллатазул руччаби ратӏарахъизе лъалеб хасал гӏаламатал гъорлъ ругеб ретӏел. Ретӏелгун цадахъ рукӏунаан гьеб берцин гьабулеб гӏарцул яги цогидаб магӏданалъул алаталги рукъараб гурде, бетӏер бахчизабулеб хасаб къагӏидаги. Палхӏасил, Дагъистаналъул халкъазул миллияб ретӏел букӏана бусурбабазе рекъонкколеб.\nМиллияб ратӏлица бацунарищ черх?\nМагӏарул руччабазулги букӏана жидеего хасиятаб ретӏел, чохтӏо, чаба, гӏоркь, кӏаз, кверлъин… Амма гӏарабазул улкабазда гӏадин цӏакъго халатаб гуреб, дагьаб къокъаб гурдеги гӏебаб тӏажуги букӏунаан. Ракь баччун кьурул парсахъцин ах-хур гьабулел магӏарул руччабазе рес букӏинчӏо ракьалда хъвалел гурдалги ретӏун чӏезе. Цӏакъго захӏматаб букӏана гьезул магӏишат-яшав. Бихьинал чабхъад яги рагъде индал рукъалъул, боцӏи хьихьиялъул, хур-хералдалъун магӏишат гьабиялъул хӏалтӏи чӏужугӏаданалъул гъуждузде кколаан. Гьединлъидал диналдаги рекъараб, хур-хералъул хӏалтӏи гьабизе санагӏатаб партал букӏана нилъер цересел умумузул.\nНилъер умумул гьедин хьвадулароанин ахӏтӏолезе мисаллъун босизе бегьила жакъа къоялдаги нилъер чӏахӏияб ригьалъул руччабаз кӏазида гъоркьан чӏвалеб чохтӏо. Гъежде кӏаз рехарай кӏудияй гӏаданалъул букӏунеб къадру-асги кӏочон теларин. Тарихалде ва фольклоралде раккун ракӏалде щвезабилин гӏандадерил, гьидерил руччабазул миллияб ретӏел, щибаб халкъалъе хӏатта щибаб росдаегицин хасиятаб ретӏел букӏана нилъер умумузул.\nДагъистаналъул некӏсияб ратӏлил хал гьабулаго, Интернеталда тӏаде ккана «Гӏасрабазул гъварилъудасан» («Из глубины веков») абураб Патӏимат Гьитӏиновалъул видео-фильмалде. Гьениб бихьизабулеб буго гьидерил руччабаз жакъа къоялдаги къиматалда жидерго хаслъи цӏунун букӏин. Коммунистаз гьукъулеб заманалдаги данде рагъун цӏунана гьезул руччабаз жидерго чохтӏогун чаба. Тутигъветӏалъул къазихӏутӏ (тутовый шелкопряд) абураб рухӏчӏаголъиялъул къвачӏаялъул (кокон) кунги гьабун бессулаан чаба. Цебе гьеб хӏутӏ жидецаго хьихьун гӏезабулаан, цо-цояз Гуржистаналдаса бичун босунги бачӏунаан. Къанагӏат бугониги, жакъа къоялдаги гьеб устарлъи цӏунун буго гьидерица. Амма масъала буго чаба бессизе материал щунгутӏиялъул. Гьеб киналъго батила хӏотӏол кунал чабаялъул багьа 40-50 азарго гъурущалде бахун бугеб. Чабаян руччабазул ботӏрода къалеб шарфалда релълъараб алаталда абулеб буго Лаваша мухъалъул даргиязул росабалъги.\nДагъистаналъул чӏужугӏаданалъ, щияй бусурманай чӏужугӏаданалъул фарзлъун кколеб, гьумергун кверал хутӏизегӏан черх бахчулеб хӏижаб ретӏине байбихьараб мехалдаса нахъе гьелда чӏвалел гӏайибал камулароан. Хӏижаб чӏварал руччаби цо-цо бакӏазда хӏалтӏудецин росулароан. Эбел-инсул ва цогидаб гӏагарлъиялъулгицин рагӏи камулароан ясалъ ботӏрода чӏвараб кӏазалда тӏасан. Гьелъие батӏи-батӏиял гӏиллабиги рукӏанин абизе бегьула: диналде руссунин абун, тӏубанго мекъаб рахъалде лъимал руссиналъул хӏинкъи букӏаралъул гӏемерисел улбузул ракӏазулъ. 10-15 соналъ цебеккун чӏегӏераб никаб (берал хутӏизегӏан тӏолабго черх бахчизабулеб чӏужугӏаданалъул ретӏел) ретӏарал руччаби жамгӏиял бакӏазда рихьидал, гӏадамал хӏинкъадго ралагьулаан. Заманги хӏинкъараб букӏаралъул. Жакъайин абуни, щияй кӏиабилей чӏужугӏаданалда ретӏун бихьула хӏижаб. Амма гьеб гӏарабазул мода бугин абулелги камулел гьечӏо.\nЩиб хӏинкъи бугеб чӏужугӏаданалъул ратӏлидаса?\nХӏижаб ретӏунезул къадар къойидаса къойиде цӏикӏкӏиналъе гӏилла щиб? Модайищ, фарзищ гьез тӏаса бищулеб бугеб? Гьадинаб буго жалго хӏижаб чӏвалел гӏолил ясазул жаваб:\nМариян, Махӏачхъалаялъул лъималазул ахалда тарбиячӏужу: «Бусурманчӏужуялда тӏадаб къагӏи-даялъ хӏижаб чӏвазе дица байбихьаралдаса кӏиго лъагӏел сверана. Фарзалда рекъон, кколеб къагӏидаялъ бох-гъеж бахчизабичӏониги, ма-гӏарухъ ругьунаб къагӏидаялъ гьитӏинаб кӏаз чӏвалаан цебеги дица. Гьединлъидал дица хӏижаб ретӏунин абун сверухъ ругезеги батӏияб асар гьабичӏо. Хӏалтӏудаги дир ратӏлида тӏасан кӏалъалев чиго вахъинчӏо».\nМарият, бизнесчӏужу: «Дие кидаго цӏакъ бокьулаан киназдаго дун берцин йихьизе, цогидал гӏадамаз дирго ретӏа-къай беццизе ва дир хӏалтӏулъ щолел бергьенлъаби киназдаго рихьизе. Ратӏлица чи гьавулин абухъего, бизнесалъулъ цеетӏезе хьулгун офисалъулаб къагӏидаялъул лъикӏаб ретӏелги ретӏун, лъикӏ хадуб хъулухъ гьабурал расалги риччан тун хьвадулаан. Ракӏалде кколаан, дун лъикӏ къачӏадани, цадахъ хӏалтӏулел бихьиназгун руччабаз дир цӏакъ къимат гьабизе бугин. Росасги дида гӏайиб гьабулароан. Фарзалда рекъон черх бахчизабичӏониги, какги балаан, кӏалги кколаан дица. Хӏижаб щияй чӏужугӏаданалда Аллагьас тӏадкъараб фарз бугелъул, кида-къадги гьеб ретӏине кколеблъиги лъалаан дида. Ракӏалде кколаан бизнесалъулъги хӏижаб чӏварай чӏужугӏаданалъе квалквал букӏинин, дун лъицаго санги гьайиларин. Амма кинабго гьелъул гӏаксалда ккана, дица хӏижаб чӏвайдал эбел-эменги рохана. Дида бичӏчӏана жамагӏаталда гьоркьоб хӏижаб чӏварай чӏужугӏаданалъул цӏикӏкӏун къимат гьабулеб букӏин. Цере цадахъ хӏалтӏулел бихьинал къимат кьолеб гӏадаб балагьигун дихъ ралагьулел рукӏун ратани, гьанже яца-лъухъ гӏадин ралагьула. Хӏалтӏулъги гӏадамазул рахъалдаса дидехун божилъи цӏикӏкӏана. Хӏижабалъ дие цӏияб дунялалде нуцӏа рагьанин рикӏкӏуна дица».\nГӏайшат, пенсионер: «Дирго цохӏо йигей ясалъ хӏижаб чӏвай дие байбихьуда рекӏее гӏечӏо. Жиндирго гӏелбащадал гӏолилазго гӏадин, модаялда рекъараб, амма черх цебе рехулареб гӏадаб ретӏелги ретӏунаан, кӏазги нахъехун бухьунаан. Амма росгун ятӏалъаралдаса нахъе байбихьана цин чӏегӏераб ретӏел ретӏине, цинги берал хутӏизегӏан тӏолабго черх бахчараб никаб ретӏине. Гӏагарлъиялъ гьоркьоса къотӏичӏого чӏвалел гӏайибалги чӏалгӏун рукӏунаан, дур яс цощинай вагьабияйцин гурищан бадиб хӏунччизабулелги камулароан. Гӏадамазул бугьтаназ ракӏги хӏинкъизабун ракӏалде ккана яс психологасухъе ячине. Дунялалдаса ракӏ буссиндал, ратӏлил пардавалдалъун жийго яхчизаюлей йикӏун йигоан гьелъ. Тохтурасул малъа-хъваяздаса хадуб гьелъул ракӏ цӏилъана. Гьанже хӏижабги канчӏаб кьералъул буго ретӏунеб»."}
{"slug": "7078-tso-tso-khiakimzabaze-badirchivayalgi-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7078-tso-tso-khiakimzabaze-badirchivayalgi-shchvana", "title": "Цо-цо хӏакимзабазе бадирчӏваялги щвана", "date": "2020-02-03 08:33:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "30 январалда тӏобитӏараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъуна 20-гӏан суал. РФялъул президентас Федерациялъул Советалде гьабураб хитӏабалда тӏасан пикраби загьир гьарун хадур, жидерго хӏалтӏул хӏасил гьабизе цере рахъана МВДялъул министрги, Хӏисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулевги, инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъаль ДРялда вугев официалияв вакилги, цогидалги.\nГьенир рорхарал суалазул цояб букӏана Махӏачхъалаялда басриял минабахъа гӏадамал цӏиял бакӏазде гочинариялъул программа хадуб бехъерхъун хутӏиялда хурхараб.\nДепутат Марат Гӏалияровасул рагӏабазда рекъон, кӏиго сонгун бащдаб заман буго ипподромалда гӏагарлъухъ цӏияб мина баралдаса. Амма 383 хъизаналда гьоркьоса 30 хъизан гурони гочинабизе кӏвечӏо гьенибе. Судалдецин ккун рагӏула иш. Щайин абуни гӏадамал рази гьечӏо гьеб мина бараб къагӏидаялда. Гьезие кьолел рукъзалги цӏакъго гӏисинал руго, басриял минабазда жидер рукӏаразда дандеккун. Гьединго бачун гьечӏо газ. Цӏакъго рикӏкӏад руго школа, ясли-ах. Ясли-ахни гьениб 2017 соналдаго бан буго. Амма щаялиго хӏалтӏулеб гьечӏо. Шагьаралде рачӏине транспорталъул рахъалъги буго захӏмалъи.\nДепутатас бицунелда тӏадрекъана парламенталъул спикер Хизри Шихсагӏидовги. Гьелъул гӏайиб Махӏачхъалаялъул мэриялдаги Бакӏал раялъулгун ЖКХялъул министерствоялдаги бугин абуна гьес.\nРагӏа-ракьанде щвечӏого рарал гьединал минаби ратани, гьел лъугӏизаризе, гьенир шартӏалги чӏезаризе ккелин абуна Шихсагӏидовас:\n«Гьанжелъагӏан рукӏана квешал нухмалъулел, мустахӏикъал гурел гӏадамал, гьанже рачӏун руго мустахӏикъал. Кӏиго соналъ щиб гьабулелха рукӏарал? Щибниги гьабичӏогойищ рукӏарал? Щай тадбирал гьаруларел?… Ясли-ахги берцинлъиялъе бараб жойищ? Гӏарац харж гьабуна, амма налогал щолел гьечӏо, гӏадамазда жидерго рукӏа-рахъиналъул шартӏал лъикӏлъизаризе бажаричӏо, лъималги ясли-ахазде инчӏо. Амма лъиениги гьелъул ургъел гьечӏо. Киналго руцӏцӏун чӏун руго, кинабго лъикӏ буго».\nГьединго депутат Гӏамирхан Гӏамирхановас борхана сакъатал лъималазе шартӏал чӏезариялъул суал.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гьединал лъималазе хадубккун гӏумрудулъ хӏажалъулеб махщел щолеб къагӏида камиллъизабизе ккола. Амма республикаялъул коррекционнияб 11 учреждениялда гьоркьоса У. Муртазагӏалиевалъул цӏаралда бугеб социалияб централъ гурони букӏине кколедухъ гьединаб лъай кьолеб гьечӏо."}
{"slug": "7079-koronavirusal-siri-bazabun-bugo-dunyalaldago", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7079-koronavirusal-siri-bazabun-bugo-dunyalaldago", "title": "Коронавирусалъ сири базабун буго дунялалдаго", "date": "2020-02-03 10:36:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьаб анкьида жаниб дунялалъулго информалатаз кӏвар буссинабураб хабарлъун рикӏкӏине бегьула Китаялдаса загьирлъун бачӏараб цӏияб унти. Коронавирусилан цӏар кьураб гӏузруялъ рецун ралел руго гьенир гӏадамал.\nАхирисел баяназда рекъон, Китаялда гьелъ хун вуго 200-ялде гӏагарун чи. Унтаразул къадар анкьазаргоялде бахун буго. Улкаялда рахӏат хвараб ахӏвал-хӏал буго. Коронавирусалъ унтарал регизаризе хас гьабун балеб буго цӏияб больницаги. Ункъо къоялда жаниб бан бахъанин гьебилангицин бицен буго. Китаялдаса къватӏиве, я гьениве жаниве виччалев гьечӏо къватӏиб хӏукуматалдаса чи. Гьоркьор къотӏун руго гьенире турфирмабазул сапаралги.\nГьединго коронавирусалъул тӏири щун буго Япониялде, Кореялде, Таиландалде, Канадаялде, Франциялде ва СШАялде. Россиялде гьеб унти жеги щун гьечӏо. Амма Воронежалда гьеб букӏиналда щаклъи ккарал кӏигоял, «Хехаб кумекги» бачӏун, больницаялде рачун ругин хъвалеб буго интернеталда. Коронавирус кколищ гьебали мухӏканго лъала чанго къоялдасан.\nНилъер республикаялдаги гьеб рахъалъ цӏуна-къаялъул тадбирал гьаризе байбихьун буго. Хас гьабун гьеб суалалда тӏасан 28 январалда данделъи ахӏун букӏана хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновас. Аэропортаздагун республикаялъул гӏорхъи бахунел бакӏазда къватӏисел хӏукуматаздаса вачӏунев чиясул халгьабулеб буго.\nДГУялдаса биологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамадрасул Мухӏамадовас абулеб буго\n— Коронавирус абураб инфекция цебеги букӏана, амма гьаб нухалъ гӏадин цересан гӏадамал чӏвалел рукӏинчӏо гьелъ. Цӏияб инфекциялъул батӏалъилъун ккола инсанасул иммуннияб системаялъухъа гьелда дандечӏезе бажарулеб къуват гьечӏолъи. Гьеб гуребги, цӏияб коронавирус хехаб куцалда цогидал вирусалгун жубалеб буго ва гьелъ кинабго ахӏвал-хӏалги хӏалуцинабулеб буго.\nГӏелмуялда жаниб буго генал доре гьанире роси абураб бичӏчӏи. Бичӏчӏуледухъ абуни, цо вирусалъул генетикияб материал цолъулеб буго инсанасул къаркъалаялъубе бигьаго лъугьун бажарулеб цогидаб вирусгун. Гьелъул хӏасилалда баккулеб буго цебе эволюциялда рагӏунцин букӏинчӏеб цӏияб унти иммуннияб хӏадурлъи гьечӏого. Гьелде данде къеркьей гьабизе бажаруларо гӏадамасухъа. Гьединал вирусал инсанасул гӏумруялъе цӏакъго хӏинкъи цӏикӏкӏаралги руго. Гьединал рукӏана хӏанчӏазул ва болъонил грипп абун цӏар лъурал унтабиги, гьебго даража гьанже загьирлъун буго коронавирусалъулги, — ян.\nАмма гӏалимчиясул ракӏчӏей буго нилъер республикаялде гьедигӏан хеккого гьеб гӏузру щвеларилан.\n— Россиялъул медицина къуватаб буго. Гьеб унтуда данде къеркьей гьабун бажарулел институталги лабораториялги хӏалтӏизе риччан, инфекциялда цебе галан къазе бажарула нилъер хӏукуматалъухъа, — ян рикӏкӏунеб буго гьес.\nАмма кин букӏаниги, улкаялда, гьединго нилъер республикаялдаги халкъалда гьоркьоб бихха-хочи цӏикӏкӏун буго.\nДагьабниги инфекциялда релълъараб гӏузру халлъани, хъата-масан «Хехаб кумек» ахӏизе рортулел руго гӏадамал. Сордо-къоялда жаниб микьнусго ахӏи къабул гьабунин жидеца ахираб лъабго-ункъо сордоялда жанибилан бицана «Хӏакъикъаталъе», Республикаялъул «Медицина катастроф» идараялъул тохтур Гӏабдурахӏман Хайрулаевас.\n— Коронавирус Дагъистаналде щун гьечӏо, щвезе хъванги батугеги. Кин бугониги, гӏадамалги батӏи-батӏиял рукӏунелъулха. Тӏубараб дунялалдаго рахӏат хун бугеб мехалъ нилъералги хӏинкъичӏого рукӏинищ. Узухъда, гьеб микьнусабго нухалъ коронавирус сабаблъун гуро «Хехаб кумек» ахӏараб. ОРВИялъ унтаралги ругелъул гӏемерал. Амма 800-ялда гьоркьоб 200-яб ккола коронавирусалъухъа хӏинкъун ниж ахӏараб, — илан бицана Гӏабдурахӏманица.\nP.S. РФялъул хӏукуматалъул премьер Михаил Мишустинил тӏадкъаялда рекъон, 30 январалдаса байбихьун, Дальний Востокалда бугеб Россиялъул гӏорхъи къалеб буго. Рес батун Китаялде ва коронавирус щун бугел пачалихъазде сапарал гьаричӏого теян халкъалде хитӏаб гьабуна улкаялъул МИДалъги. 28 январалда тӏобитӏараб хасаб данделъиялда президент Владимир Путиница хӏукуматалъул кабинеталдаса тӏалаб гьабуна хӏинкъи цӏикӏкӏараб вирус нагагь Россиялде щвани, гьелде хӏадурлъи гьабизе. Вице-премьер Татьяна Голиковалъ абуна вирус жеги Россиялде щун гьечӏин, амма февралалда гьеб нилъер пачалихъалдеги борчӏизе ресал гӏемерал ругилан."}
{"slug": "7080-ministerstvoyalda-tsia-rekiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7080-ministerstvoyalda-tsia-rekiana", "title": "Министерствоялда цӏа рекӏана", "date": "2020-02-03 10:50:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "30 январалда Махӏачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотӏноб бугеб базаралъул спортивияб къайи-цӏа бичулеб складалда рекӏараб цӏаялъ кинабго бакӏ бухӏана. Цӏа свинабулел чагӏазул 44 чиги кӏиго техникаги букӏана гьениб хӏалтӏулеб, амма цӏа свинабун бажаричӏо.\nГьенисан цӏа щун буго республикаялъул Промышленносталъулгун энергетиаялъул министерствоялъул минаялдеги. Мухӏкан гьаричӏел баяназда рекъон, гьеб минаялъул бащдаб бухӏун буго. Киналго хӏалтӏухъаби нахъе гочинарун руго. Амма гьеб баян тасдикъ гьабулев чи нижехъе щвечӏо. Гьединлъидал тӏубанго гьелде мугъчӏвай гьабулеб гьечӏо нижеца.\n2017 соналъул марталда къаси сардилъ цӏаги ккун бухӏун букӏана Ирчи Хъазахъил къотӏноб бугеб базарги. Ричарухъабазул дармил рукъзал гӏемерисел рухӏун рукӏана. Чанго миллион гъурщил зарал ккарал ричарухъаби чанго нухалъ митингалдеги рахъун рукӏана. Амма гьезие рецӏалил гӏарац жеги щвечӏо."}
{"slug": "7081-ufasal-gi-tezabuleb-bugo-khiakimzabazda-kh-ulukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7081-ufasal-gi-tezabuleb-bugo-khiakimzabazda-kh-ulukh", "title": "УФАСалъги тезабулеб буго хӏакимзабазда хъулухъ", "date": "2020-02-03 10:54:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "29 январалда Монополиялда данде чӏараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) республикаялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Каир Бабаевас журналистал ракӏарун рукӏана 2019 соналда жаниб гьабураб хӏалтӏул бицине.\nАраб соналъ гьез къабул гьабун буго кинабниги 1700-гӏанасеб гӏарза. Гьеб рахъалъ, Россиялъул регионазда дандеккун, Дагъистаналъул УФАС цебесеб бакӏалда буго. Гьединго контракталъул системаялъул къанун хвезабуралъухъ 5291000 гъурщиде гӏакӏаги къотӏун буго УФАСалъ.\nГьелда гьоркьоса 3000000 гъурущ кьун буго пачалихъиял идарабаз.\nГӏамм гьабун босани, араб соналда жал батӏаго квеш хӏалтӏичӏин абуна Каир Бабаевас. Амма гьабичӏого хутӏараб хӏалтӏиги дагьаб гьечӏин.\nХадуб журналистаз байбихьана суалал кьезе.\nМасала, гьикъана Махӏачхъалаялда маршруткабаз рекӏадухъ босулеб багьаялъул хӏакъалъулъ. Араб соналда гьелда сверухъ гӏемераб гӏалагъважа букӏана. Цо-цо маршруткабазул шофераз байбихьана 23 гъурущ босизе.\nЦогидаз лъазабуна жидеца багьа бахинабизе гьечӏин, 17 гъурущго толеб бугилан.\nГьеб мехалда республикаялъул УФАСалъ гьезда лъазабун букӏана нужер ихтияр гьечӏин анлъго гъурщица багьа бахинабизе. Амма Москваялъ къабул гьабичӏо гьелъул гьеб хӏукму. Гьедин 2019 соналъул ахиралде киналго маршруткачагӏаз 23 гъурущ абун чӏезабуна рекӏадухъ багьа.\nЩай гьедин ккараб ва кӏолеб бугищ багьабазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал хисизабизеян гьикъана пресс-конференциялда.\nИш гьединан ккеялъул гӏайиб жидедаго бугеб гӏадаб асар хутӏанин жиделъилан абуна Каир Бабаевас. Амма жидер гӏайибги кинабилаха гьениб букӏинеб? Миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи вугеб шагьаралда жакъа транспорталъул компанияз хӏалтӏизабулеб бугеб система дандекколарила.\nБабаевасул рагӏабазда рекъон, цоги шагьаразда кирниги дандчӏваларо Махӏачхъалаялда гӏадал пассажиразе санагӏалъи гьечӏел «Газелал». Гьединлъидал гьеб рахъалъ хиса-баси гьабизе кколила, тӏоцебесеб иргаялда.\nКӏиабилеб бугони, УФАСалъ хӏукму гьабулаго хӏисабалде росичӏел техникиял ва цогидал гӏиллабиги ратун руго гьенир. Гьебги хӏисабалде босун, нахъчӏван бугоан Москваялъ гьезул хӏукму.\nАмма жал кверал тӏатӏала лъун чӏун гьечӏин, пассажирал раччиялда хадуб автоматизированнияб система хӏалтӏизе биччазе ракӏалда бугин бицана Каир Бабаевас. Гьеб хӏалтӏизе лъугьун хадуб бигьалъила гьел багьабазда сверухъ бугеб гӏалагъважа роцӏинабизеги.\nГьединго журналистаз гьикъана УФАСалъ хӏалтӏизабизе байбихьараб «Дисквалификация» абураб статьяялъ кинал хӏасилал кьурабиланги.\n— Кӏиго хӏаким хӏалтӏудаса вахъана нижеца гьеб статьяялда рекъон, — илан бицана Каир Бабаевас. — Гьезул цӏарал гьанир рехсечӏого тела. Гьеб гьанжего-гьанже хӏалтӏизабулеб буго нижеца. Гьелъ лъикӏаб хӏасил кьезеги байбихьана."}
{"slug": "7082-rossiyal-ul-tusnakh-alda-tiamize-rok-orenigi-rache", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7082-rossiyal-ul-tusnakh-alda-tiamize-rok-orenigi-rache", "title": "«Россиялъул туснахъалда тӏамизе, рокъорениги раче»", "date": "2020-02-03 11:05:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 январалда ДРялъул хӏукуматалда хабар ккана Сириялдагун Гӏиракъалда туснахъ гьарун ругел нилъер гьаниса руччабигун лъимал тӏадруссинариялда сверухъ.\nГьединаб гьаригун республикаялъул тӏалъиялде рачӏун рукӏана гьезул эбел-эмен, гӏага-божарал. Гьел къабул гьаруна хӏукуматалъул вице-премьерал Анатолий Карибовасгун Рамазан Жафаровас, гьединго лъимералъул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ республикаялда йигей официалияй вакил Марина Ежовалъ.\nСириялдагун Гӏиракъалда рагъал ккарал бакӏазда хутӏарал Дагъистаналдаса руччабиги лъималги тӏад руссине квербакъиялъе 2017 соналда гӏуцӏараб комиссия буго республикаялда. Гьениб хӏисабалде босун буго балугълъиялде бахинчӏеб 810 лъимер. Гьедин ахирал соназда Дагъистаналде тӏад буссинабун буго 91 лъимер. Гьезда гьоркьоса 71 лъимер гьабсагӏаталда республикаялда буго. 15 – Россиялъул цогидал регионазде, гьединго кӏиго лъимер Азербайжаналдегун Турциялдеги ун буго гӏага-божаралгун цадахъ.\nАбулеб буго Гӏиракъалъ Россиялдаса тӏалаб гьабулеб бугин туснахъалда тӏамурав нилъер щивав чиясда тӏад жидеца харж гьабураб лъабаза-азар доллар. Гьеб гӏарац жидецагоцин бакӏарилаанин хӏукуматалде ккезе течӏого, жидер лъимал дораса нахъе риччалеланиян рукӏана батӏи-батӏиял росабалъагун шагьараздаса 27 январалда Махӏачхъалаялде рачӏарал гӏадамал.\nГьез абулеб буго, гӏайиб батани, жидер лъимал гьанире, рокъореги рачун, законалде цӏайилан, чияр ракьалда течӏого Ватӏаналде рачине кумек гьабейилан.\nЦо-цоял хӏадур руго жалго хадур унги дораса гӏагарал нахъе тӏалаб гьаризеги. Амма Марина Ежовалъ гьезда бичӏчӏизабуна халкъазда гьоркьосеб къотӏи-къаялда рекъараб изну бугел чагӏаз гурони гьеб иш тӏубаларилан.\nРуччабазул цо къокъа вице-премьералгун дандчӏвазе Марина Ежовалъ рачун араб мехалда, гьелъул хӏалтӏулеб бакӏалда хутӏун йикӏана 50-60-гӏан чӏужугӏадан. Гьезухъа сияхӏ босулел полициялъул хӏалтӏухъабиги рукӏана. Гьез хъвалел рукӏана чияр ракьалда хутӏарал жидерго ясазул, гьезул лъималазул цӏарал.\nГьел руччабазул гӏемерисез бицунеб жо релълъараб букӏана. Цо кӏалдисан гӏадин абулеб букӏана гьезул лъималазул бутӏрул сверизарурал вербовщиказул хӏакъалъулъ. Гьезул гӏемерисел Сириялде щваралго кантӏунги руго.\nМасала, Махӏачхъалаялъул цо больницаялда хӏалтӏулей Гуля абурай магӏарулалъ бицана Сириялде щун гӏемер заманго иналде жиндир васас ахӏун бачӏанила жиндихъе тӏаса лъугьин гьарун. Лъикӏаб хъулухъалда банкалда хӏалтӏулев вас вукӏанила гьев. Къокъабго заманалда гӏакълуги хисун, Сириялде ун ватанила гьев жиндаги лъачӏого. Вас дове ун кӏиго моцӏидасан гьесдаго хадуй гьесул лъадиги анин бачун кӏиябго лъимергунилан бицана Гуляца. Сириялде щведал, жеги кӏиго лъимерги гьабун буго гьезие. Амма гьабсагӏаталда вас чӏаго гьечӏин бицана гьелъ. Лъадиги ункъабго лъимерги Сириялъул Аль-Хол туснахъалда рагӏула.\n«Вице-премьералгун дандчӏвазе арал руччабазда гъорлъ дун йикӏинчӏо. Амма, йикӏарайани, дица дозда гьикъилаан паспортал хӏадурулеб хъулухъалъул хӏалтӏуда хадуб хал щай нужеца кколаребилан. Дир нусалъе 15 азарго гъурщиде лъабго къоялда жаниб гьабун кодобе кьун буго къватӏисеб хӏукуматалде ине паспорт. Дунин абуни моцӏица балагьун чӏезе ккола гьелъухъ», — ан бицана Гуляца.\nТӏаде балагьун гӏезегӏан сабурай, магӏна бугей, жиндир иш лъалей гӏадан йигоан гьей. Дагьалъ цебе Владимир Васильевас «ДРялъул сахлъи цӏуниялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абун цӏарги кьун буго гьелъие. Амма гьоркьо-гьоркьор рачӏун, къанун цӏуниялъул идарабазул хӏалтӏухъабаз рокъоб чӏухь бан, террористасул эбелилан рогьрал ран, рахӏатги хвезабулилан къварилъахъдана гьей.\nЦойги магӏарулалъ бицана щуябго сон бугила жиндир васасда хадуб магӏу тӏолелдаса. Къаси рокъове вачӏинчӏеб мехалда, гьесул лъалкӏ цӏехезе полициялде ун йиго гьей. Гьесул телефоналдасан лъан буго гьев Минводы шагьаралда вукӏин. Гьеб мехалда эбелалъ гьарун буго полициялда дова кквейин гьевилан. Амма гьес Минводыялда гьабураб такъсир яги гъалмагъир гьечӏелъул, жидер ихтияр букӏунарин гьев кквезеян жаваб кьун буго полициялъулаз.\nЦойги гӏадан йикӏана гьений ясалъулги гьелъул лъабабго лъимералъулги суалалъ ячӏарай. Нечаевкаялда рос чӏван хадув, гьей гӏаданалъул яс, бачун лъабабго лъимергун, ун йиго Сириялде. Росасул васият букӏанила гьединаб.\n«Лъица кумекги гьабун гьей дое араяли Аллагьасда лъала. Бищун гьитӏинай ясалъ жеги лъагӏел бан букӏинчӏо. Гьаб ригьалда дихъа бажарилароха жакъа гьеб лъабабго лъимерги бачун Гъизилюрталдаса Махӏачхъалаялде ячӏинегицин. Тӏадежоялъе капек гӏарацги букӏинчӏо гьелъухъ», — илан бицана гьей гӏаданалъ. Гьелъул яс чӏван йиго Сириялда.\nГьанже гьей гӏолохъанчӏужуялъул лъабабго лъимер рагӏула Гӏиракъалъул цо приюталда. Гьезухъ балагьун чӏун йиго гьей Гъизилюрталдаса гӏаданги.\nЦо-цо баяназда рекъон, февралалъул байбихьуда гьел лъимал самолеталда тӏадруссинаризе рагӏула Россиялде. Амма хӏинкъигьечӏолъи цӏунизелъун гьеб бачӏунеб бакӏги заманги балъго гьабулеб буго."}
{"slug": "7083-chorokab-ekologiya-stressal-va-tukadul-kven", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7083-chorokab-ekologiya-stressal-va-tukadul-kven", "title": "Чорокаб экология, стрессал ва тукадул квен", "date": "2020-02-03 11:41:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Махӏачхъалаялда Ахӏмад Гӏазизовасул клиникаялда тӏобитӏана урологиялъул, андрологиялълул ва репродуктологиялъул унтабазда тӏасан гӏелмияб конференция.\nГӏадатияб куцалда босани, гьел ккола хас гьабун бихьиназулги руччабазулгийин абулел унтаби. Конференциялда гӏахьаллъана нилъер республикаялъул ва Чачаназул машгьурал тохтурзаби. Гьезие лекция цӏализе ячӏун йикӏана Москваялдаса Сеченовасул цӏаралда бугеб больницаялдаса медицинаялъул гӏелмабазул доктор Заида Хӏажиева. Миллаталъул рахъалъ лъарагӏай ккола гьей.\nГьелъ батӏи-батӏиял улкабазда кӏващул цӏуниялдехун гӏадамазул ва тохтурзабазул бугеб бербалагьиялъул, гьеб унти сах гьабиялъул, гьанжесеб медицинаялъул цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб пайдаяб гара-чӏвари ккана гьениб.\nХас гьабун «Хӏакъикъаталъе» Заида Хӏажиевалъ гьадинаб баян кьуна гьеб унтуда тӏасан:\n— Кӏващул унтудаса цӏуни гӏицӏго урологазул масъала кколилан цогидал специалистаз (гинекологазги, эндокринологазги, невропатологазги) нижеде тӏаде рехун толаребани, кутакалда лъикӏал хӏасилал рукӏинаан.\nГьединго советияб заманалда букӏараб тӏолабго халкъалъул диспансеризация гьабиги цӏигьабизе ккола. Гьелъ рес кьола унти бачӏинахъего тӏатинабизе.\n— Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан кинаб бакӏалда бугеб гьеб унти тӏибитӏиялъул рахъалъ?\n— Батӏалъи бугин абиларо дица. Гьава-бакъалда, кваналеб жоялда яги чиясул жинсалда бараб жо гьелъул букӏунаро. Гьеб унти гӏолохъанго баккулеб буго. Амма, цогидал бакӏазда данде ккун, Дагъистаналда гӏемерисел гӏадамал тохтурзабахъе уна иш рагӏалде бакӏарараб мехалда.\nМедицинаялъул гӏелмабазул доктор Ахӏмад Гӏазизовасул рагӏабазда рекъон, хас гьабун руччабазулин, бихьиназулин рикӏкӏунел унтабиги цӏикӏкӏунел руго:\n— Гьеб бараб буго экология чороклъиялда, стрессазда, кванда. Масала, тукабазда бичулеб кванилъ руго черхалъе заралиял жал. Гьединго тарбия щвечӏолъиги ккола гьелъул магӏна. Цере ккара-ккарал жинсиял гьоркьорлъаби гьарулел руго нилъер гӏадамаз. Гьелдалъун иммунитет загӏипал чагӏазде бахуна бокьараб инфекция.\n— Магӏарухъа бихьиназда простатит ккеялъе гӏилла цӏикӏкӏунисеб мехалда гьел годекӏанир цӏорорал ганчӏазда тӏад гӏодорчӏейги батила.\n— Гьел гӏемерго сахал рукӏуна гьанир, шагьаралда, хинал рукъзабахъ рега-рахъун ругезда дандеккун. Хасго ригь арал магӏарулал. Доз рахунел рукӏарал мугӏрул-щобалги, хуриб-ахикь, гьабихъ гьабулеб букӏараб хӏалтӏиги рагӏичӏогойищ дуда? Какие чуризе лъимги киданиги бухӏизабулароан гьез. Амма шагьаралъул унти дагь-дагьккун магӏарухъеги щвана. Дораги гьанже кӏвахӏаллъулел руго хур-хералъул хӏалтӏи гьабизеги рагъа-рашаризеги. Гьанже аппаратураги гӏемерлъун, электромагнитное излучение абураб жоги буго кибго цӏикӏкӏун. Гьединлъидал жакъасев бихьинчи, нилъер умумул гӏадин, лъабго сагӏаталъ ганчӏида тӏад гӏодов чӏани, лъабго къоялдасан больницаялде хъамизе ккола."}
{"slug": "7085-khvarab-nukh-k-achiangi-tserekhun-unaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7085-khvarab-nukh-k-achiangi-tserekhun-unaan", "title": "Хвараб нух къачӏанги церехун унаан", "date": "2020-02-03 12:17:24", "categories": ["barkiyal"], "text": "Аваразул театралъе кьучӏ Хунзахъ лъураблъи лъаларев чи гӏемер ватиларо. Гьелдаса нахъе исана сверула 85 сон. Зама-заманалдасан театралъул гӏумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал кьуни лъикӏин ккана нижеда.\nБащдаб гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалъ Авартеатралъул актерал раччулеб машинаялда хӏалтӏарав чи вукӏана мунагьал чураяв Тӏасажунгуталдаса Хӏасан-Хӏосен Мухӏамадов. Шоферлъун хӏалтӏизе гьев вачӏун вуго Авартеатр жеги Шурагьибго бугеб мехалъ. Церегӏанго соназ гьесулгун букӏараб гара-чӏвари батана дир архивалда.\nАктеразул цӏураб автобусгун Хӏасан-Хӏосен щвечӏеб магӏарул район ва росу батиларо Дагъистаналда. Гьел сапаразда хурхарал Хӏасан-Хӏосенил ракӏалдещвеял кьолел руго жакъасеб номералда.\n«Доб, 50-абилел соназул байбихьуда автобусалги рукӏинчӏо. Гӏемераб гӏакъуба бихьулаан артистазда нухда, гастролазда. Магӏарухъе нухал рукӏана захӏматал, къваридал. Гьединал чӏедерал бакӏаздасан тавакал тӏамун чанги нухалъ бачана машина. Байбихьуда дихъ букӏана цӏулал кабинаялъул полуторка машина. Балеб цӏадакь, пулеб гьоролъ кузовалдаса гъоркье хӏатӏалги риччан рукӏунаан артистал. Нижер ахӏилъун букӏана нух хун батаниги гьебги къачӏан церехун ине. Цӏадаз ччукӏун, тӏун батараб бакӏалда артистал киналго тӏаделъун гьабулаан нух.\nЛъаратӏаса тӏадруссунел рукӏана цо нухалъ. Цояз гӏисинккун зикру бачунеб, цогидал кечӏ ахӏулел актералгун гӏисинаб бакъаналъ рачӏунел рукӏана. Доб мехалъ директорлъун вукӏана Хӏамзатов Мухӏамад. Гьев вукӏана дида аскӏов кабинаялъув. Гьездехун вуссун дунги тохлъун цо заманаялъ машина чӏана гӏурулъе балагьун кьурул рагӏалда. Гӏодобе гирунги инчӏого, бегизеги бегичӏого гьетӏун чӏана. Гӏурул рахъалдехун вукӏарав директорги ана рагьун нуцӏаги бачӏун вортун, гьединго артисталги инарищха. Дунги чӏана вугелъуса шуричӏого, гьанже гьал киналго гӏурулъеги рортун дие гӏумру щай, машинагун цадахъ гьабсагӏат шапун инилан. Талихӏалъ, гьеб букӏун буго чабхил лабаллъи. Киналго чӏаго-гӏатӏго рачӏана гӏурул рагӏалдаса тӏаде харун. Гьелдаса нахъе цӏакъ бер цӏодорго вукӏине хӏаракат бахъулаан къваридал нухазда.\nЦоги нухалъ Чӏараде унаго, Чӏохъ- Коммунаялде щведал, нухал квешал ратун, гьенибго дица бачунеб автобусги тун рилълъана актеразул къайи-цӏа тӏад лъураб машинаялдеги рахун. Машина бачунев вукӏана Закаталаялдаса вачӏарав цо гӏолилав. Тӏадруссун рачӏунаго цӏакъ къваридаб бакӏалдаса нух тӏун ун батана. Кӏиябго рахъалда чӏун гӏемерал машинабиги рукӏана. Нижер грузовикалъул шофер, жинца жеги чӏужу ячун гӏумру гьабизе ккун бугинги абун, жиндирго къайи-цӏаги босун, ругелъур нижги машинаги тун, лъелго цевехун ана. Рохьоре ун рахалги къотӏун, гьелги данде рухьун нух гьабизе рачӏаян дица абидал гӏенеккулев чи ккечӏо. Дунго вилълъана рохьове. Хадур цогидалги гӏунтӏана. Дица абухъе, рахалги дандрухьун гьабуна нух. Амма гьениса тӏоцебе машина бачине таваккал гӏолев чи вукӏинчӏо. Кьун газгун доб рахъалдехун боржизабуна дица машина. Гьеб мехалъ артистаз дун кодовеги восун эхе-эхеде рехана лъикӏ заманаялъ.\nАнкьго директор хисана театралда дун хӏалтӏулел соназ. Шофёр гӏадин гурев, творчествоялъул чи хӏисабалда къабул гьавулаан гьез дун.\nАктерлъиялъе щай хӏал бихьуларебан абулаан гӏемер. Дие бокьарабани гьаз дун цевего артистлъун вахъинавилаан. Цо нухалъ Местӏерухъ росулъ рукӏана «Яхӏиял бертин» абураб спектакльгун. Сценаялда унеб букӏана бертин. Цо мехтарав чиясул гьитӏинабго сценка хӏазе тӏадкъан букӏана дида. (Гӏадамазда щибха лъалеб дун шофер вукӏин). Дун цеве вахъарабго, пинхъи-пинхъи бахъана актеразул. Дихъ балагьун релъун чӏезе кӏвечӏого, киналго артисталги сценаялдаса тӏурун ун, цохӏо дунго хутӏана халкъалда цеве. Тӏокӏаб роль хӏазе дун вахъинчӏо.\nКидаго кӏоченаро Патӏимат Хизроевалъулгун цадахъал сапарал. Гьей цадахъ йигони, коллективалъул вакъарав, къечарав, тӏад чорокаб ретӏел бугев чи вукӏунароан. Цӏакъ гӏаданлъи бугей чӏужу йикӏана мунагьал чурад. Цо нухалъ, ракӏалда буго Харахьире щведал, коллективалда цояз мичӏилъ хинкӏал рокьилилан абулеб рагӏун, Патӏиматица гьел гьаризе бахъараб хӏаракат. Гӏадамазухъа хьагги ханжуги гьарун, къватӏиб цӏаги бакун, цо параялда релъун мичӏилъ хинкӏал лъуна гьелъ нижеда цере. Гьединавго вукӏана цадахъ ругезе Басир Инусиловги.\nМахсара-хочӏалда унаан сапаразда къоял. Актерал аралъуве ине гъира кколаан диргоги. Жалго сценаялде унеб мехалъ лъималгун толаан гьез дун. Гӏемерисел актеразул лъимал гӏуна дир кабинаялъур. Тезе чи гьечӏез цадахъ рачунаан кидаго. Дунги, тӏадаб жо гӏадин, ругьунлъун вукӏана гьел хьихьизе».\nМагӏарулазда, бихьизабизе бегьулареб, нилъер гӏадатаздаги диналдаги дандекколареб жо букӏунаро Авартеатралъул. Заман щун буго гьебги бичӏчӏун, авар халкъалъ нилъер миллияб театралъул хӏурматги гьелъие бажарараб кумекги гьабизе.\nМиллияб театр бугеб бакӏ миллатцоязда кӏочараб заман букӏана доб."}
{"slug": "7086-kinab-mak-ratiisal-khalk-tsiarab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7086-kinab-mak-ratiisal-khalk-tsiarab", "title": "Кинаб макъратӏисалъ халкъ цӏараб?", "date": "2020-02-03 12:49:41", "categories": ["barkiyal"], "text": "Къаси театралде йилълъине кколин ахӏун бачӏана дихъе чӏарадисезул халкъияб театралъул режиссер Рашидатица. Белталги ругила росун, кополаб комедияги бугилан. Гьанже гьеб маданияталъул дунялалде берхьвагӏичӏого тӏуязехъинги гьечӏелъул. Махщелцояз абухъего, беццизе щвечӏони, какизениги хӏужа камиларин, ячӏинин кьуна рагӏи.\nМаркӏачӏул какдаса хадуй театралде гӏагарлъулаго, араб гӏасруялъул 90-абилел соназ чакарул килоялда хадуб гӏадаб, гӏадамазул халатаб читӏир халлъана кассаялда цебе. «Лъилниги концерталдедай гуккун гьание якӏарарай» — ан паркъана пикру. Жанахӏалде лъугьунаго берчӏвараб «Цо ясалъул ункъо бахӏарав» музыкалияб комедиялъул афишаялъ гьеб пикруги хъвагӏана.\nРещтӏун халкъалъ цӏуна зал. Гьаб щиб хӏикмат? Спектаклялъ гьедин зал бакӏарун гӏемер бихьун букӏинчӏо. Гьединал пикрабазда сверухъ балагьулаго халлъана театралъул машгьурай актриса Наира Хӏабибулаева.\n— Гьаб щиб гӏаламат, Наира, кинаб макъратӏисалъ гьаб халкъ нужеца бакӏарараб къаси?\n— Дица лъураб комедиялъха, — ян абуна Наираца, жиндиего хасиятаб разилъиялда. — Нагагь тохаб жо бихьани, дида абичӏого тоге,-янги абун, жиндирго ишалъ ана комедиялъул режиссер.\nУзухъда, реклама хьвадизабулел жамгӏиял гьиназулги квербакъи камун батиларо комедиялъул цӏар тӏибитӏизабиялъе. Инстаграм дергъезабулел гӏадал чагӏи рукӏанин ккола гӏемериселго данделъун.\nХӏакъикъаталдагиха интеллигент гӏадав чиясда нагагьги берчӏвачӏо. 2000-абилел соназ театралде цӏазего кӏоларого букӏараб залалъул цӏикӏкӏунисеб бутӏа гӏолохъанав зрителас ккун бугоан.\nСценаялдаса рихьулел рокьул кор боркьарал накъитаз паналъарал гӏолилал «гӏив» ахӏизе лъугьана. Рекъон гьечӏин, гӏодоре риччаян аскӏор рукӏарал чӏахӏияз тӏадрагӏи абидал:\n— Дол, рокьул махх гӏадал, актрисабазул движениязда абизе жого гьечӏищ нужер, хӏурматиял? — ин цӏакъ гӏедерго жаваб кьуна гӏоркьилаз.\n— Дол хӏалел ругоха..\n— Кутакалда цӏакъ хӏалел руго! — ян абулаго, гӏолохъаби нижедаса рикӏкӏаде, нахъисел кьеразде ана гӏодор чӏезе.\nТеатралъул гӏумруялъул гӏезегӏанго мех гьоркьоб биччан букӏун буго дица. Гьеб заманалда жаниб Наира Хӏабибулаевалъе кьун буго «Дагъистаналъул халкъияй артистка» цӏар, гьелъ режиссерлъиялдаги хӏалбихьун, сценаялда цӏигьабун буго кӏигониги спектакль. Гьеб хӏалбихьиялъул хӏасиллъун бугин абизе бегьила, релъудаса кӏал тӏолареб, занкӏун цӏураб зал. Гъол гӏолохъабаз абулел рекъечӏел движениял дида гӏемер халлъичӏо, халлъана цӏиял гьунарал. Гьезулъги тӏокӏго вихьана Исмагӏилил роль хӏалев гӏолилав. Битӏахъе рекӏедаса унеб букӏана халкъ гьесул кополаб хӏаялъ. Рагъа-ракари гуребги, цӏакъ кӏарчанго, сон росулъа эхеве вачӏараб гӏадин чвахун бицунеб бугоан мацӏги.\nХӏасилул калам, саламатго релъизаруна цо ясалъул ункъавго бахӏарас. Лъикӏав актерасул кӏалдиса унеб каламалъги тӏубан кверде босула зал, асар кьоларезул каламалъ чӏамучӏлъиги бегизабула. Гьединабго къуват яги загӏиплъи букӏуна текст хӏадурулез актеразул кӏалдиб лъураб мацӏалъулги.\nПайда босизе лъарав чиясе гъварилъиги бечелъиги гӏураб гьечӏищха нилъер мацӏалъул. Гугьар кьолеб хӏалалъ гьеб хӏалтӏизабизе лъай-лъангутӏи — гьеб цоги суал буго..\nГъол «гӏив» ахӏулел гӏолилазул бадибчӏвай актеразгун режиссераз хӏисабалде босани, бегьунгутӏи букӏинароан…"}
{"slug": "7087-namusaldasa-nafs-bergaraze-dars", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7087-namusaldasa-nafs-bergaraze-dars", "title": "Намусалдаса нафс бергьаразе дарс", "date": "2020-02-03 12:54:01", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарулазе цӏияб спектакль хӏадурулеб буго Авартеатралъ.\nГьаб анкьил итниялъ букӏана, сдача спектакля абун театралияб искусствоялъул гӏадамаз абулеб, гьелъул цебелъей. Лъарагӏазул драматургас хъвараб «Намус» пьеса сценаялда лъун буго режиссер-постановщик Гӏалисултан Батировас. Хъантӏиялъ намусалдаса нафс бергьараб, ракӏал рицалъараб нилъер заманалъул гӏузраби рагьулел руго цӏияб спектаклялъ.\nЩиб жоха гьеб цебелъеяли ракӏалдещвезабизин цоги нухалъ. Халкъалъе рагьилалде режиссерас жиндир хӏалтӏул хӏасил бихьизабула, хасгьабун гӏуцӏараб худсоветалдагун коллективалда цебе, гьенирего ахӏула театралияб искусствоялъул махщелчагӏиги, гьелъие къимат кьезе лъалел гӏадамалги. Кигӏан гӏемераб заманалъ тӏад хӏалтӏараб, цӏикӏкӏун харжал гьарураб бугониги, спектаклялда гӏумруги бихьуларо худсоветалъ гьеб къабул гьабичӏони.\nГӏиси-бикъинал гӏунгутӏабазде режиссерасулгун актеразул кӏварги буссинабун, «Намус» спектаклялъе нух рагьана къимат кьолез. Гьенир гӏахьаллъана пьесаялъул автор ва Лъарагӏазул театралъул махщелчагӏи, режиссерас ахӏун рачӏарал магӏарул театр бокьулел, бичӏчӏулел машгьурал гӏадамал.\nГӏемер кватӏизе батиларо Батировас лъураб цӏияб спектаклялъул премьераги."}
{"slug": "7088-gev-daim-vukiina-rosul-a-vasl-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7088-gev-daim-vukiina-rosul-a-vasl-un", "title": "Гьев даим вукӏина росулъа васлъун", "date": "2020-02-03 12:56:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб Патӏимат Гьитӏиновалъул ОАО «Концерн КЭМЗалъул» генералияв директор Ибрагьим Ахӏматӏовасул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехьалъул презентация букӏана араб анкьалда Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда.\nТӏехьалъул бицине данделъун рукӏана магӏарулазул интеллигенциялъул вакилзаби, гӏадатиял гӏадамал, Ахӏматӏовасул ракьцоял.\nТадбир нухда бачана авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Гӏумаровас. Гьес къокъго бицана тӏехьалъул авторалъул ва гьелъул аслияв героясул хӏакъалъулъ.\nИбрагьим Ахӏматӏовасул захӏматалъул нух ракӏалде щвезабуна Дагъистаналъул хӏукуматалъул вице-премьерлъун хӏалтӏулев вукӏарав Набиюла Мухӏамадовас.\n— Абизе бегьула гьаб тӏехь кколин гӏуцӏарухъан-захӏматчиясул бажари бугев нухмалъулесул хӏакъалъулъ хъвараб тӏоцебесеб тӏехьилан. Гьелдаса, гьединав гӏуцӏарухъан магӏарул миллаталъул вакил вукӏиналдаса рохизе ва чӏухӏизе ккола нилъги, магӏарулал, — илан абуна гьес.\nДандеруссиналда кӏалъарал Магӏарул миллияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевас ва цогидаз тӏадегӏанаб къимат кьуна тӏехьалъе ва гьелъул аслияв герой Ибрагьим Ахӏматӏовасул кӏудияб ишалъе.\nГьенибго П. Гьитӏиновалъе районалъул нухмалъулезул рахъалдаса Баркалаялъул кагъатги кьун баркиялъул калам гьабуна Шамил районалъул бетӏерасул заместитель Махӏач Махӏачевас.\nГьеб горсвери жеги бечед гьабуна Дагъистаналъул халкъиял артистал Хирамухӏамад Хирамухӏамадовасул, Хадижат Жамалудиновалъул ва Абакар Гӏумархӏажиевасул церерахъиназ.\nШамай Хъазанбиева\nАхирал соназда магӏарул адабияталда ккарал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб аслиязул цояблъун лъугьанин абизе бегьула Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб, дагьаб цебе къватӏибе бачӏараб Патӏимат Гьитӏиновалъул «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб тӏехьалъул цебелъей. Данделъи ана кутакалда берцинго. Талихӏалъ, гьенир рукӏинчӏо халатал ва чӏамучӏал кӏалъаял, хӏажат гьечӏеб лъамияб рецц-бакъ. Хадубккун гьединал тадбирал тӏоритӏулез гьеб хӏисабалде босани лъикӏ букӏинаан.\nЦереккун къватӏире рачӏарал гьадинаб тайпаялъул тӏахьазде дандеккун, гьаб асаралъул руго цӏализе байбихьаралдасаго цере рехун рачӏунел жиндирго хаслъаби. П. Гьитӏиновалъухъа цӏакъ махщалида бажарун буго, магӏарул миллаталъул чӏухӏилъун жакъа вугев, Ибрагьим Ахӏматӏовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ рекӏелъе бортуледухъ хъвазе. Дица рикӏкӏуна гьеб бугин Цӏияб соналъ магӏарулазе щвараб унго-унгояб сайгъатилан! Баркала, Патӏимат, баркала, Ибрагьим!\nАхиралдаги бокьун буго Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасда гьаризе, «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб тӏехь Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъе бихьизабизе хӏисабалде босеян! Ракӏчӏун абизе кӏола — гьеб гьелъие мустахӏикъаб буго!\nРасулулагь Хӏажиев\nТӏехь цӏаларабго бичӏчӏана дида, гьеб цохӏо, «квер кваларалъуб ва хӏетӏе чӏаралъуб лъикӏлъи бекьулев» унго-унгояв инсан, инсул дарсал кӏоченчӏев магӏарулав, Ибрагьим Ахӏматӏовасул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь гуреблъи. Гьесул гӏумруялъул мисалалда Патӏиматица бихьизабун буго кинаб заманги, кинал гӏадамалги, кинаб гӏумруги букӏараб нилъер умумузул ва гьезул дарсал росизе лъани кинаб борхалъиялде вахине бегьулев росдал гӏадатияв васали.\n««Щиб дуца гӏумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб?» — ин суал бачӏине буго цощинаб къоялъ. Гьелъие жаваб кьезе кколелъул. «Нилъер щивасул кодоб буго умумузул ракь чӏунтизабиялъул яги гьеб чӏухӏизабиялъул кверщел», — ин абула дица васазда, росулъ щиб-щибниги ишалъе кьучӏ лъолаго, гьеб гӏуцӏулаго. Нижер эмен вукӏана хъизаналда жанибги, хъулухъ тӏубазабулаго жамагӏаталда цевеги щибго тӏекъаб, хӏалихьатаб гӏамал гьабичӏев чи. Дир изну букӏинчӏо жакъа вугелдаса батӏиявлъун, росдаде мугъ рехарав тохав чилъун вукӏине» — гьал гурищ жакъа нилъее къваригӏун ругел дарсал? Умумузул ракьги рехун тани, росабиги чӏунтизе тани, рахьдал мацӏги кӏочене тани, «щиб дуца гӏумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб», — илан суал бачӏараб къоялъ, кинаб жаваб нилъеца ва нилъер лъималаз кьезе бугеб?\nГӏодобе биччан чвахулеб лъарал чили гӏадаб магӏарул мацӏалъ гӏадада гуро Патӏиматица гьаб тӏехь хъвараб. Гьелъие бокьун буго, тӏоцере магӏарулал чӏухӏизе магӏарул чиясдаса, кӏиабилеб — нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъе гьев мисаллъун вукӏине. Дида ракӏалде ккола гьаб «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб тӏехь цин щивав мугӏалимас цӏализе кколин ва цӏалдохъабазда цебе лъезе кколин. Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул цолъиялъ хӏаракат бахъизе буго гьаб тӏехьалъул пикру гӏун бачӏунеб гӏелалъухъе щвезабизе.\n«Букӏинеселъул «жавабчилъи тӏаде кколеб цӏияб гӏел дидасаго рухӏияб рахъалъ бечедаб, гӏамалалъул рахъалъ къвакӏараб ва гӏакълу-лъаялъул рахъалъ бегӏераб букӏине бокьун буго дие», — йилан абулеб буго Ибрагьимица. Тӏехьалда жаниб чанги гӏолиласда ратила жидер суалазе жавабал, кантӏизариял.\nБаху Мухӏидинова"}
{"slug": "7089-mukhiamad-tankaev-gavuraldasa-100-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7089-mukhiamad-tankaev-gavuraldasa-100-son", "title": "Мухӏамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон", "date": "2020-02-03 13:04:38", "categories": ["obshestvo"], "text": "2020 соналъул 25 январалда, Москваялъул Хӏукуматалъул Концертазул залалда тӏобитӏана генерал-полковник Мухӏамад Танкаевич Танкаев ракӏалде щвезавиялъул, гьесул 100 сон тӏубаялъе сайгъат гьабураб данделъи.\nГьеб тадбиралъул гьалбадерида бихьизабуна, Кӏудияб Бергьенлъиялъул тарихалъулъ бищунго гвангъараб бутӏалъун лъугьараб хвалил лагерь Освенцим эркен гьабиялъул гӏаламатлъун лъугьараб, цогидаз мисал босизе мустахӏикъаб Мухӏамад Танкаевасул гӏумруялъул нухалъул хӏакъалъулъ М. Шахмановас бахъараб фильм.\nДанделъи рагьана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул кидагосев вакиласул заместитель Хӏамзат Хӏамзатовас ва Москваялъул маданияталъулаб «Дагъистан» централъул президент Арсен Хӏусеновас.\nДанделъиялда гӏахьаллъана: Рагъулаб институталда М. Т. Танкаев хӏалтӏулел соназда, гьенив политотделалъул начальниклъун вукӏарав генерал-лейтенант А. П. Афанасьев, Москва шагьаралъул Яргъилал Къуватазул ветераназул Комитеталъул председатель, генерал-майор А. Ф. Голобородов, Жамгӏияб хӏинкъи гьечӏолъиялъул Халкъазда гьоркьосеб агентствоялъул генералияв секретарь, юстициялъул генерал-лейтенант Х. М. Джантаев, Къватӏисел улкабазул мацӏазул рагъулаб институталъул, Ветераназул союзалъул председатель Е. Л. Логинов, Гӏелмиябгун лъай тӏибитӏизабиялъул «Холокост» централъул лъай кьеялъулаб отделалъул нухмалъулей С. А. Тиханкина, Дагъистан Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диназул ишазул министр Э. С. Муслимов, РФялъул ва ДРялъул мустахӏикъав юрист, РФялъул Конституциялъулаб судалъул судья Хӏ. Гӏ. Хӏажиев ва гӏемерал цогидал жамгӏиял ва политикиял хӏаракатчагӏи.\nЖиндирго кӏалъаялда генерал-лейтенант А. П. Афанасьевас бицана жиндирго начальникасул фронтовикасул хӏакъалъулъ, РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул Рагъулаб институт лъугӏаразул цӏаралдасан кӏалъазе вахъана Е. Л. Логинов. Гьес абуна Къватӏисел улкабазул рагъулаб институталъул музеялда, цӏар рагӏарав генераласул гӏумру бихьизабулеб бокӏон рагьизе кколилан.\nМ. Танкаевасул яс Ольгаца, ясалъул вас Тимур Гутиевас данделъиялда гӏахьаллъаразе, гьеб тадбир гӏуцӏаразе баркала кьуна. М. Танкаевасул цӏаралда бугеб ракӏалдещвеялъул медаль къватӏибе биччан буго, гьеб шапакъат кьуна гьеб тадбиралъул цо-цо гӏахьалчагӏазеги."}
{"slug": "7090-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7090-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-02-03 13:15:08", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул бетӏераб МФЦялъул управлениялъул юрист Мухӏамадгӏарип Гӏумаровас:\n«Росас васасул цӏаралда къотӏи-къай хъван букӏана квартираялъул цо бутӏа гьесие сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъ. Рос гъоркьиса хвана. «Зеленка» жеги хисизабун гьечӏо, гьеб хъван букӏана росасда тӏад. Гьанже бокьун буго васасе сайгъат гьабураб бутӏаялъулги «зеленкаялъулги» хъвай-хъвагӏай гьесда тӏад гьабизе. Гьеб сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъ гӏадатияб формаялда росас хъван букӏараб къотӏи, квартираялъул хъвай-хъвагӏай цӏидасан гьабулелъул, хӏалтӏизабизе бегьулищ? Квартираялъул цо бутӏа васасе сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъ къотӏи хӏажалъулеб батани, чара гьечӏого гьеб нотариусалъ тасдикъ гьабун букӏине кколищ?»\n— Инсуца васасе квартираялъул цо бутӏа сайгъат гьабиялъул къотӏи-къаялъулаб хъвай-хъвагӏай, рос хваралдаса анлъго моцӏрол болжалалда нотариусалдеги ун, цӏигьабизе ккола. Кватӏун ккани, гьеб сайгъаталъулаб васиятги квартираялъул «зеленкаги», судалдеги кьун, цӏигьабизе ккола.\n«Мина босулелъул застройщикас рагӏи кьола документал кватӏичӏого рукӏинин, щибго ургъел гьабичӏого рукъ босеян. Амма сонал аниги, «зеленка» кодобе щолеб гьечӏо. Гьанже гьеб гьабизе ккани, гӏемераб гӏарац кьезе кколеб буго. Законалда рекъон, документал гьариялъе бугищ бихьизабураб гӏарцул къадар?»\n— Мина-рукъ босулаго, гьеб бичулесухъа тӏоцебесеб иргаялда тӏалаб гьаризе ккола гьелъул документал, ай документал кодоре щвечӏого мина босизе бегьуларо. Мина босарав чияс, госпошлина хӏисабалда, 2000 гъурущ гурони хӏукуматалъе щибго кьезе кколаро. Хутӏарал киналго харжал гьаризе ккола мина барас, ай гьеб бичулев чияс.\n«Дун ккола 58 сон барав чи, хӏалтӏулев пенсионер. 2018 соналъул августалда, операция гьабун, хисун букӏана дир бералъул хрусталик. Операция гьабулаго харж гьабураб налогалъулаб гӏарац тӏалаб гьабизе дир ихтияр букӏунищ?»\n— Къотӏи-къаялда рекъон операция гӏарцухъ гьабунин абураб хъвай-хъвагӏайги батани, мун официалияб къагӏидаялда хӏалтӏулевги вугони, медицинаялъулаб хъулухъалъухъ араб гӏарцул цо бутӏа хӏукуматалъ духъе тӏадбуссинабула. Документалги росун, гьелъул мухӏканлъи лъазабизе мун ине ккола дур хъвай-хъвагӏай бугеб бакӏалъул налоговияб инспекциялде.\n«Дун ккола 71 сон барав пенсионер. Гъоркьиса хӏалтӏудаса эркен гьавуна штатал къокъ гьарулел ругиланги абун. Амма дун хӏалтӏулев вукӏараб хъулухъ цӏунун хутӏана ва гьениве хӏалтӏизе вачана цогидаб отделалдаса чи. Штатал къокъ гьариялъул бицунеб данделъиялде дун ахӏичӏо ва гьеб данделъиялъул протоколалда дица гъулбасги гьабичӏо. Кадрабазул отделалда дида абуна дун хӏалтӏудаса нахъе ине кколила, щайгурелъул учреждениялда гӏолохъанаб коллектив гӏуцӏиялъе тадбирал гьарулел ругилан. Дун хӏалтӏудаса нахъе витӏи законияб иш бугищ? Гьединго кӏиго моцӏалъниги хӏалтӏизе кколев вукӏинчӏищ дун штатал къокъ гьариялъул хӏакъалъулъ данделъиялда хӏукму гьабун хадуб? Гьединаб мехалъ кинаб ва кигӏан пособие дие кьезе кколеб букӏараб?»\n— Мун хӏалтӏудаса нахъе мекъи, ай законги хвезабун рехун вуго. Хӏалтӏудаса эркен гьавулев чиясда, гьединаб хӏукмуялда гъулбас гьабизеги тӏамун, кӏиго моцӏалъ цебеккунго лъазабизе ккола штатал къокъ гьарулел рукӏин. Штатал къокъ гьариялдалъун хӏалтӏудаса эркен гьавурав чиясе, выходное пособие хӏисабалда, кӏиго моцӏрол харж кьезе ккола.\nЛъикӏаб букӏина, документалги росун, гьаб суалалъул мухӏканлъи лъазабизе хӏалбихьи бугев юристасухъе яги адвокатасухъе ани. Гьесул кумекалдалъун судалъ дур рахъкквей хӏакъаб буго.\n«Кинаб законалда рекъон «Россеталъ» токалъул налъи гьечӏин абураб гӏадатияб справка босулаго, тӏалаб гьабулеб паспорталъул копияги «зеленкаги», гьебго заманалъ хӏинкъизарула прокуратураялдалъунги?!»\n— Щиб гьабилеб, буго гьединаб закон. Гьединлъидал «Россеталъул» ихтияр буго токалъул налъи гьечӏин абураб справка босулаго, паспорталъул копияги «зеленкаги» тӏалаб гьабизе.\n«Лъимералъ лъагӏелгун бащдаб тӏубазегӏан гьелда хадуб хъулухъ гьабизе дун йикӏана отпускалда ва гьебго заманалъ, лъимералъе щолеб пособиеги цӏунун, хӏалтӏуде яхъана. Гьениб дие чӏезабуна хӏалтӏул эркенаб график.\nГьединаб ахӏвал-хӏалалда дир ихтияр букӏунищ хӏалтӏулеб бакӏалдаса иргадулаб отпуск тӏалаб гьабизе? Хӏалтӏуда дида абулеб буго лъимадуе хъулухъ гьабулеб отпускалде тӏадюссине кколин, гьеб лъугӏидал хӏалтӏуде яхъине кколин».\n— Цого заманалда кӏиго отпуск букӏунаро. Дур ихтияр буго гьездасан бокьараб отпуск тӏаса бищизе. Закон лъалел чагӏаз малъараб гьабун, лъимадуе хъулухъ гьабулеб отпускалде тӏадюсса, гьеб лъугӏидал хӏалтӏудеги а."}
{"slug": "7091-sakhavatav-tokhtur-ankil-bakhiarchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7091-sakhavatav-tokhtur-ankil-bakhiarchi", "title": "Сахаватав тохтур – анкьил бахӏарчи", "date": "2020-02-03 13:22:37", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "«Россиялъул чӏухӏи» абураб сайталда бицуна ресукъал чагӏазухъе гурхӏел-рахӏмуялъул квер бегьулел гӏадамазул хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьенибго щибаб анкьалда вищула «Анкьил бахӏарчи». Сайталъул хасаб жюриялъ 16 январалда бахӏарчилъун вищана Махӏачхъалаялда хӏалтӏулев вугев цаби-гӏусазул тохтур, Хьаргаби росулъа Зайнудин Гӏусманов. Гьев мустахӏикълъана «Анкьил бахӏарчи» абураб цӏаралъе.\nЗайнудиница щибаб рузманкъоялъ чӏобого кумек гьабула сакъатал ва ресукъал чагӏазе: сах гьабула кариес, рацӏцӏуна, хъахӏ гьарула цаби-гӏусал. Протезазухъ гурони, гьел лъуралъухъ гӏарац босуларо гьес мискинзабазухъа. Щибаб рузманкъоялъ гьес къабул гьавула ункъо-щугониги ресукъав пациент.\n«Хӏехьезе кӏолареб унти бугев чи рузманкъоялъухъ балагьун чӏезавизе бегьуларо, гьединлъидал дица гьесие цогидаб къоялъги гьабула кӏвараб кумек. Цо-цо мехалда, байбихьараб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабулаго, яги захӏматго унтарал къабул гьарулаго, хӏалтӏул къо лъугӏидалги, гьенивго чӏезе ккола дун. Гьеб лъугьун буго дие ругьунаб ишлъун. Дун ккола тохтур, диего бокьун тӏасабищана медицина, гьединлъидал дида тӏадаб буго, заманалъухъги ресалъухъги балагьичӏого, унтарасе кумек гьабизе», — ян бицана Зайнудиница.\nХадубги тохтурас абуна, жиндир нигат бугила хадубккун щибаб рузманкъоялъ гӏицӏго ресукъал, ай гӏумруялъул захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккарал чагӏазул цаби-гӏусал къачӏазе.\nЗайнудинихъе рачӏуна батӏи-батӏиял унтарал. Гӏемер ккола, тохтурги махсараде ккун, чӏобого цаби-гӏусал къачӏазе гъирабарал чагӏи. Гьединлъидал тохтур хӏажатавлъун кколев вуго гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде гьез хитӏаб гьабун бугищали халгьабизе. Гьел фондазда рукӏуна ресукъал, ай гурхӏел-рахӏмуялъул кумекалде хӏажатал чагӏазул сияхӏал.\nРеспубликаялдаго цӏар ун буго сахаватав тохтурасул. Гьесухъе рачӏуна Махӏачхъалаялда ва аскӏор ругел шагьаразда гӏумру гьабулел гӏадамал. Тохтурас абуна, жив хӏадурав вугин росабалъа рачӏарал унтаразеги кумек гьабизе, амма захӏмат букӏунила, гьел хӏакъикъаталдаги «диде ккарал чагӏи ругищали» лъазабизеян абун.\nЗайнудиница тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна ДГМУ. Гьев рикӏкӏуна лъай-махщел камилав тохтурлъун. 2017 соналда Москваялда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб цаби-гӏусазул тохтурзабазул анкьабилеб Олимпиадаялда ДГМУялъул щуабилеб курсалъул студент Зайнудин Гӏусмановас чӏел босун букӏана «Ортопедия» номинациялда. Тӏолгороссиялъул ортопедиялъул жив-жив унтарасда рекъонкколеб слепок хӏадуриялъе къваригӏунеб гъуд гьабиялъул къецалда гьесие щвана тӏоцебесеб бакӏ.\nЗайнудиница абуна, тохтурлъун цӏалулаго, жинца нигат гьабун букӏанила ресукъал унтарал чӏорого сахгьаризе. Цо пуланаб дарсида жинца преподавателасдаги курсцояздаги гьеб къасдалъул хӏакъалъулъ бицанила. Киналго гӏажаиблъанила, амма студентаз жиндир къасдалъул рахъкквечӏила, преподавателасги, велъулаго, абунила, «бокьилаан, цӏалиги лъугӏун, хӏалтӏулеб мехалда баркалаялъухъ цаби-гӏусал къачӏалев мун вихьизе», — ян.\nУниверситеталда цӏалулаго, Зайнудиница жигараб гӏахьаллъи гьабулаан «Сподвижники добра» абураб студентазул жамгӏияб гӏуцӏиялъулъ, хьвадулаан субботниказде, ифтаралъул садакъа бикьизе ва кьишниялъул къалал лъеялъул тадбиразде. Гьединаб хӏалбихьиялъги квербакъанила жакъа гьабулеб гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏуеян абуна гьес.\n«Гӏадамазе кумек гьабизе бокьи дилъ эмен Мухӏамадидасаги эбел Гӏайшатидасаги щвараб буго. Гьел руго хьергебдерил жамагӏаталъе кумек-квербакъиялъе рахъун чӏарал чагӏи. Масала, инсуца киридахъ къачӏала нухал ва иццал. Дир яцалъул буго лъималазул ратӏлил тукен, ресукъал хъизамазе садакъаде бикьула гьелъги къайи.\nБитӏун бицани, киналго рази рукӏуна дидасаги яцалдасаги, абула ниж цӏакъ ракӏгӏатӏидал чагӏи ругилан. Дица абила, мискинчиясе кумек гьаби захӏматаб иш кколаро, бокьани, гьелъие ресги заманги батула. Чӏорого ресукъал чагӏи сахгьарунин абун, дун я мискинлъичӏо, я гьелдаса дир ракӏбухӏичӏо.\nГӏемерисел ресукъал унтарал ккола ракӏги кверги гӏатӏидал чагӏи. Цо-цо мехалъ гьез дие, чай гьекъезеян, гьуинал сайгъатал рачӏуна. Ккола цо-цо кепал лъугьа-бахъиналги. Масала, цо нухалъ унтарасе дица чӏорого цаби къачӏана, нахъе унаго, гьес дир столалда тӏад гӏарац тун батана. Гьайгьай, хадусеб къабул гьавиялда дица гьеб гьесухъе кьуна. Амма дица киданиги инкар гьабуларо, гӏадамаз жидерго квераз гьарулал расанкӏабаздаса, гьединал сайгъатал дица бищунго къиматаллъун рикӏкӏуна, щайгурелъул дие гӏоло чияс гьезие кьун буго жиндирго рокьиги ракӏги», — ян абуна З. Гӏусмановас.\nТохтурасул нигат буго, живго бетӏергьанаб цаби-гӏусазул поликлиникаги рагьун, Дагъистаналъул рикӏкӏадал районазул росабазул ресукъал чагӏазеги кумек щолеб къагӏида гӏуцӏизе.\nЗайнудиница абуна, жиндир мисалалда рекъон, гӏезегӏан тохтурзабаз байбихьун бугила ресукъал чагӏазе чӏобого кумек гьабизе. Жинца гьабулеб хӏалтӏи берцин бихьун, цадахъ хӏалтӏулел цо-цо тохтурзабазги, гӏарац цӏехечӏого, мех-мехалъ къабул гьарулила ресукъал унтарал. Гьединго, телефоналъ ахӏун, дандчӏвайдал цӏехон, медуниверситеталъул студентаз лъазабулила мискинзабазухъе рахӏмуялъул квер бегьиялъе Зайнудиница ургъараб къагӏидаялъул хӏакъикъат.\nЗайнудиние кӏудияб баркала загьир гьабулеб буго «Хӏакъикъаталъул» коллективалъ. Аллагьас дунялги ахиратги битӏизабеги гьединав сахаватав магӏаруласе. Лъикӏаб букӏина республикаялъул больницабазул цоги тохтурзабазги гьесдаса мисал босани.\nХӏурматиял цӏалдолел, бокьила гьеб рахъалъ нужер пикруги лъазе."}
{"slug": "7092-chara-tiagiin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7092-chara-tiagiin", "title": "Чара тӏагӏин", "date": "2020-02-03 13:41:22", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Шамат къоялъул къаси Семендер поселокалдаса, унтарай ункъгӏалалдеги щун, нахъруссун рачӏунел рукӏана дунги хъизанги.\nДунял рукӏкӏараб заман букӏиналъ ва транспорталъул гӏемерлъиялъ машина хехго бачине рес букӏинчӏо. Поселок бахарабго, кьоде щвелалде, тӏоцебесеб Махӏачхъалаялдехун квараниса сверуда машинаялъул канлъухъе дир берчӏвана, квер борханиги, машинабиги чӏоларого, рахӏат хун, дове гьанииве хьвадулев гьитӏинав васасда. Гьединаб тохаб бакӏалда квачараб сордоялъ лъимерги тун ине дида кӏвечӏо ва, машинаги лъалхъизабун, гьев рекӏинавуна. Гьитӏинабго черхалъул загӏипабго лага-саналъул вас вугониги, гьес машинаялда жанив гӏодов чӏарабго, адабалда кӏудияв чияс гӏадин кьураб саламалъ дир рекӏее лъикӏаб асар гьабуна. Гьитӏинав бахӏарчиясул хьвада-чӏвадизе лъай бихьулищан диего пикруги гьабун, гӏемер мехго инелде аскӏов гӏодов чӏун вугев гьесда дица цӏехана щай цадахъ чиги гьечӏого, ригь гуреб заманалда къватӏиве вахъараван. Угьун хӏухьелги биччан, гьес абуна жив «первый Махӏачхъалаялда» бугеб заправкаялде хӏалтӏизе рес кколарищан бихьизе унев вугин. Гьениб бензин тӏолел лъималазе дагьа-макъабго гӏарац щолилан. Гьединаб жавабалъ гӏажаиблъизавурав дица гьесда гьикъана мун цӏалулев гьечӏевищан. Гьес бицана жив Шамхал поселокалда щуабилеб классалда цӏалулев вугин. «Щайха дуе хӏалтӏи балагьун, цӏалдолев вугев чиясе, эбел-эмен хӏалтӏулел гьечӏищ?» — ан дица цӏехедал, бицине бокьуларого гӏадин сверсвелевги вукӏун, гьес, гӏодовеги къулун, абуна жиндир эбел-эмен авария ккун хванилан ва жив кӏодоэбелалда аскӏов гӏумру гьабун вугин. Гьелъул хӏал цӏехедал, гьейги унтун йигилан, рагӏун рагӏичӏого абуна гьитӏинав цӏалдохъанас. Гьесда ракӏ гурхӏарав дида тӏокӏаб суал кьезе ва хабар халат гьабизе кӏвечӏо, ракӏ унтулеб гӏадаб асар лъугьана чорхое.\nМатӏуялъусан балагьидал, нахъа гӏодой чӏарай хъизаналъулги бадиб магӏу кенчӏелеб бихьана дида.\nГӏемер кватӏичӏого ниж рехсараб заправкаялде аскӏоре щвана ва нухлулас жив гьанив рещтӏинилан абуна. Машинаги лъалхъизабун, кисинисаги бахъун, гьесухъе дагьа-макъабго гӏарац бегьана дица.\nГьес намусго гӏарац босана ва, нижее къо лъикӏги гьабун, чирахъаз гвангъизабураб заправкаялдехун балагьун ана.\nГьесда ракӏ гурхӏиялъ дида заманаялъ машина багъаризабизе кӏвечӏо. Лъикӏаб гуреб асар тана гьеб дандчӏваялъ рекӏелъ. Рокъове щведалги, гьев гьитӏинав бесдаласул гьумерги цебечӏун, къаси макьуги щвечӏо. Чандай гьединаб лъимер бугеб Дагъистаналда, 11 сон бараб заманалда гӏицӏго жиндирго гуреб кӏодоэбелалъулгицин ургъел тӏаде ккараб?!\nХириял магӏарулал, кӏвар кьечӏого тоге гьединал хӏужаби. Кӏвараб кумек гьабе гьеб хӏажат бугезе. Гьеб нахъа батула тӏаде бахъараб цӏул гӏадин."}
{"slug": "7097-kutuzgi-kumek-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7097-kutuzgi-kumek-gabuna", "title": "Кутузги кумек гьабуна", "date": "2020-02-04 06:40:19", "categories": ["obshestvo"], "text": "27 январалда 70 сон тӏубана фашистазул аскаралъ сверун ккураб Ленинград эркен гьабуралдаса. Гьелъул хӏурматалда Махӏачхъалаялъул №5 лицеялда тӏобитӏана «Блокадаялъулаб Ленинград» абураб ракӏалдещвеялъул тадбир.\nРакъи-къечалъулгун квачалъул зулму хӏехьараб бахӏарчияб шагьаралъул тарих берцинго рагьана тадбиралда гӏахьаллъарал лицеялъул цӏалдохъабаз. Ракӏ бахиллъана гьезул пагьмуялда, бицунелда гъорлъе раккизеги доб заманалъул захӏмалъи рекӏелъе биччазеги бугеб бажариялда. Гьадинал цӏалдохъаби рукӏаго, ватӏаналде рокьи куцаялъул иш жагъаллъизе гьечӏин абураб пикру ккана.\nЦӏалдохъабаз ракӏалдещвезаруна 900 къоялъ ленинградалъулаз хӏехьарал ракӏунтарал лъугьа-бахъинал. Гьелъул мурадалда лъималаз хӏалтӏизаруна хроникиял фильмаздаса бутӏабиги, дунялалдаго машгьурлъараб ва Нюрнбергалъул процессалда нугӏлъун хӏалтӏизабураб Таня Савичевалъул дневникги, блокадаялъулаб чадил кесекги гьелда хадур эхетарал гӏадамазул читӏиралги. «Ленинградалда лъугьун букӏана ракӏ унтизабулеб сихӏкъотӏи. Рагӏулеб букӏинчӏо хӏанчӏазул сас, кутузул мимиди, гьабзазул хӏапи. Гьел киналго кванан лъугӏун рукӏана. Ккана инсанасул гьан квиналъул хӏужабигицин. Шагьаралда рагӏулеб букӏана гӏицӏго метрономалъул кӏутӏи. Гьелъ бицунаан бомбабазул хӏинкъи байбихьиги – гьебмехалда метрономалъул кӏутӏи хехлъулаан ва хӏинкъигьечӏолъиги – гьединаб заманалда метрономалъул букӏунаан цокӏалаб кӏутӏи», — ян бицунеб буго видеорядалда. Ва залалда рагӏизабулеб буго метрономалъул кьаби…\nЦӏалдохъабаз бицана Ленинградалъул лъималазул хӏакъалъулъ. Кигӏан загӏиплъаниги, ракъуца холел ругониги, гьел киданиги зигардулароан. Гьезухъа бажарулаан, бугеб къуватги бакӏарун, чӏахӏиязе хӏалае рахъине. Эбел-эмен хӏалтӏуда ругеб мехалда рукъалъул тӏалабги гьабуна гьез, кванил карточкабигун иргаялдаги эхетана гьел… Гӏадатияб жолъун лъугьана лъималазе инсанасул хвелгицин.\nТадбиралда ракӏалдещвезаруна Ленинградалда букӏараб Рекьулел хьоназул гӏелмияб институталъул гӏалимзабиги. Сверухъ киналго гӏадин, ракъуца холел ругониги, институталъул хӏалтӏухъабазул цонигиясда ракӏалде ккечӏо жидеца цӏунун ругел ролъулги, пурчӏинадулги, цӏоросаролъилги, картошкадулги ва цогидалги нигӏматазул хьоназул цогӏаги мугь кӏалдиб лъезе. Гьел киналго ракъун хвана, амма гьез цӏунана бергьенлъиялдаса хадуб халкъияб магӏишаталъе кӏвар цӏикӏкӏараб бечелъи – хьонал.\nБлокадаялъул заманалда Ленинградалда гӏумру гьабулел рукӏарал яцал Галина ва Ирина Сухомлинскияз цӏалдохъабазе бицана жидеда бихьараб гӏакъубаялъул хӏакъалъулъ. «Гьале дихъ кодоб буго блокадаялъулаб чадил кесек. Гьеб гьабуна дол соназда чед буцулеб букӏараб къагӏидаги цӏунун ва битӏун бачӏана нижее Ракӏалдещвеялъул фондалъ. Чадидагъорлъ жубалаан семечкадул хутӏел, хъарщи хъухъан лъугьараб хӏур ва цогидал жал. Гьелъ чехь цӏезабулаан, амма гьелъул букӏунароан чорхое кинабгӏаги пайда. Хӏакъикъаталдаги шагьаралда хутӏун букӏинчӏо цониги кету, цониги хӏинчӏ. Кинабго кваналаан дол соназда. Кутул тӏагӏинарураб мехалда, шагьаралъулазе кӏудияб хӏинкъилъун лъугьана гӏункӏкӏал. Гьел эркенго хьвадулаан, кьижараб мехалда гьез кваналаан загӏиплъарал гӏадамал. Ладогаялдасан «Гӏумруялъул нух» рагьарабго, батӏияб бакӏалдаса кутул щвезаруна Ленинградалде ва гьез ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна жидеда тӏадкъараб иш. Гьединлъидал кутузе памятникги бана рагъдаса хадусел соназда гьениб», — ан бицана Галина Сухомлинскиялъ.\nТадбиралъул гӏахьалчагӏазул хӏаракаталъе лъикӏаб къимат кьуна гьенире рачӏарал гьалбадерицаги: Махӏачхъалаялъул Херазул советалъул председатель Гӏумар Беговас, ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Терроризмалде дандечӏеялъул комитеталъул экспертияб советалъул председателасул заместитель Хӏажи Малучиевас, «Дагъистан» ГТРКялъул директорасул заместитель, республикаялъул ТОКСалъул штабалъул начальник Салам Хавчаевас, Шамил имамасул цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас ва цогидазги.\nСоветияб улкаялъул щивав чияс, жиндихъа бажарухъе, гӏагарлъизабуна Кӏудияб Бергьенлъи. Гьеб букӏана тадбиралъул аслияб пикру. Жакъасеб гӏелалдаса рикӏкӏалъулел руго дол соназул балагьал лъугьа-бахъиналги, бахӏарчиял гӏадамазул къисматалги. Гьебин абуни, дир пикруялда рекъон, хутӏизе ккола даимаб ва кӏочене бегьулареб тарихлъун. Ахираб заманалда дунялалъул батӏи-батӏиял улкабаз хӏаракат бахъулеб буго гьеб тарих цӏидасан хъвазе – хӏужабиги хисизарун, лъугьа-бахъиназул хӏакъикъияб сипат-суратги гӏаксалда бихьизабун. Гьедин бугеб заманалда лъикӏаб букӏинаан Махӏачхъалаялъул №5 лицеялъул цӏалдохъабаз хӏадурараб композиция республикаялъул щибаб школалда, колледжалда ва вузалдагицин бихьизабуни."}
{"slug": "7098-grantal-ul-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7098-grantal-ul-k-ismat", "title": "Гранталъул къисмат", "date": "2020-02-04 08:15:48", "categories": ["obshestvo"], "text": "Федералияб хӏукуматалъ республикаялъе грантазе кьун буго 1 млрд 267 млн гъурущ.\nРеспубликаялъул бетӏер Владимир Васильевас лъикӏаблъун бихьизабуна гьеб гӏарац сунда тӏад хӏалтӏизабизе бугеб абураб суал халкъалда гьоркьоб лъей. Гьелъие чӏезабун букӏана лъабго бутӏа; тӏоцебесеб — гӏадамазул пикраби ракӏари; кӏиабилеб — онлайн–гьаркьал кьей тӏобитӏи; лъабабилеб — ахирисеб хӏукму къотӏиялъе хӏасилал республикаялъул нухмалъиялда цере роси. Тӏоцебесеб бутӏаялда нилъер гӏадамаз бихьизабуна жигараб гӏахьаллъи. Гьелъул хӏасилал данде росана 25 январалда ДРялъул Экономикаялъул ва териториалияб цебетӏеялъул министерствоялъ ДГУНХалда тӏобитӏараб гӏатӏидаб данделъиялда. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна экономикаялъул министр Хӏажи Султӏановас, Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулхӏалим Мачаевас, ДГУНХалъул президент Хӏамид Бучаевас, политологал – экономистаз, экспертаз. Министрас кьурал баяназда рекъон, бихьизабураб болжалалде, ай 22 январалде щвезегӏан министерствоялде битӏун бачӏун буго 11 азаргоялдаса цӏикӏкӏун предложение. Гьел рачӏана Дагъистаналъул киналго районаздаса (бищун цӏикӏкӏараб къадар буго Гъизилюрт районалдаса – 35, бищун дагь Гумбет, Болъихъ, Курах, Лъаратӏа, Хив, Хунзахъ, Чӏарада ва Шамил районаздаса – цо-цо), шагьараздаса (бищун цӏикӏкӏун Махӏачхъалаялдаса – 4942, бищун дагь Дербенталдаса – 18) ва Москваялдаса (44) Санкт-Петербургалдаса (2). Гьел руго экономикаялъул ва социалияб гӏумруялъул 13 бутӏаялда хурхарал. Гьездаса шагьаралъулал шартӏал лъикӏлъизариялъе 9096 предложение, сахлъи цӏуниялъул идарабазул – 491, ЖКХялъул хӏалтӏуда хурхараб 404 предложение. Бихьулеб буго гӏадамаз дагьал предложениял рачӏун рукӏин предпринимательствоялда, тӏабигӏат цӏуниялда, росдал магӏишаталда хурхарал. Дир хӏисабалда, гьелъие гӏиллалъун буго гӏадамазухъе, хасго росабалъ гӏумру гьабулезухъе, хӏажатал баянал жеги щун гьечӏолъи ва гьезда цӏех-рех тӏобитӏулеб букӏин лъачӏолъи.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏазул пикруялда рекъон, кӏиабилеб бутӏаялде росизе хӏажалъи гьечӏо федералиял ва республикаялъул хасал программабаз, миллиял проектаз тӏуразе хӏисабалде росун ругел масъалаби. Гьединлъидал гьез тӏаса рищана гьел программабазде гьоркьореги унарел, гӏадамазги кӏвар буссинабурал суалал. Гьезул онлайн-гьаркьал кьей ине буго гьаб анкьалдаса байбихьун 11 февралалде щвезегӏан. Гьениб бищун цӏикӏкӏун гьаркьал щварал суалал – масъалаби росизе руго республикаялъул нухмалъулесухъе."}
{"slug": "7099-khiazhat-bugo-aspirantura", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7099-khiazhat-bugo-aspirantura", "title": "Хӏажат буго аспирантура", "date": "2020-02-04 08:30:42", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏех-рехазул Дагъистаналъул федералияб централда (ДФИЦ) тӏобитӏулеб буго гӏелмияб сессия. Январалъул ахиралда байбихьараб гьеб халалъизе буго Гӏелмуялъул къоялде, ай микьабилеб февралалде, щвезегӏан.\n28 январалда гӏелмияб сессия тӏобитӏана ИЯЛИялда. Гьелда гӏахьаллъана ДФИЦалъул президиумалъул председатель Къурбан Акаевги.\nДанделъиялда гьаруна 2019 соналда гӏуцӏун рукӏарал тадбиразул ва гьабураб хӏалтӏул хӏасилал. Адабияталъулги, искусствоялъулги, фольклоралъулги, грамматикиял цӏех-рехазулги ва лексикаялъулгун лексикографиялъулги отделазул нухмалъулез бицана лъагӏалида жанир рахъарал гӏелмиял макъалабазулги, тӏоритӏарал дандеруссиназулги, СМИязул вакилзабазулгун рукӏарал дандчӏваязулги, цогидаб хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ. Бицана щибаб отделалда церечӏарал масъалабазулги дандчӏвалел захӏмалъабазул хӏакъалъулъги.\nМасала, лексикаялъулгун лексикографиялъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Мажид Халиловас абуна:\n«Кӏудияб масъалалъун лъугьун буго институталъе гӏалимзаби куцайги. Аспирантура къана. Дагъистаналъул мацӏазулгун адабияталъул цӏех-рех гьабун бажарулел гӏалимзаби хӏадурун бажаруларо федералиял гӏелмиял центразда ругел аспирантураялда – гьенир гьечӏо гьелъие санагӏатал шартӏал, масала, гьечӏо мацӏазул махщелчагӏи. Бокьилаан, нилъерго ДФИЦалда аспирантура рагьиялъе тӏалаб гьабуни», — ян."}
{"slug": "7100-k-vatiibe-gurshchuge-ruk-al-ul-unti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7100-k-vatiibe-gurshchuge-ruk-al-ul-unti", "title": "Къватӏибе гьурщуге рукъалъул унти", "date": "2020-02-04 08:32:36", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Балагьараб мехалда, «РФялда хъизамалдагун рукӏа-рахъиналда зулму гьабунгутӏиялъе тадбирал гьариялъул хӏакъалъулъ» абураб законопроект квешаб гьечӏин ккола. Амма кӏвар кьун балагьараб мехалда бичӏчӏулеб буго гьеб закон тасдикъ гьабуни рукӏине ругел квал-квалалги санагӏат рекъечӏел рахъалги.\n2016 соналда РФялъул Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда тӏоцебесеб нухалда цебелъуна рехсараб законопроект. Гьеб нахъчӏвана, амма 2019 соналда гьеб цӏидасан къватӏибе бахъана. Гьелъие гӏиллалъун рехсолеб буго, хъизамалда зулму гьабиялда бан, Европаялъул судалде россиялъулазул хитӏабал гӏемерлъи. Иргадулаб нухалда гьелъул халгьабуна исана 25 январалда.\nБицен гьабулеб законопроекталъул буго 25 статья. Гьелда рехсолел «такъсиралгун тамихӏалги» гьезул халгьабулел ва гӏайиб чӏезабулел идарабиги цӏидасан гӏуцӏичӏого, гьабсагӏаталда улкаялда хӏалтӏулел ругел къануназдаса пайда босиго лъикӏаб гьечӏищ? Гьединаб пикру данделъиялда загьир гьабуна РФялъул Миллияб умумузул комитеталъул председатель Ирина Волынцевалъги. Президентасда цебеги федералиял идарабаздаги хъизамалъул ихтиярал цӏунун цее яхъуна гьей. Масала, лъимал хьихьулей эбелалъе моцӏрол харж чӏезабизе кколин абураб пикруги тӏоцебе загьир гьабуна гьелъ. (Гьанже Федералияб Собраниялде гьабураб Хитӏабалда Владимир Путиница лъазабуна, лъимералъ лъабго сон базегӏан эбелалъе харж кьезе бугин абун). Волынцевалъ суал лъуна, хъизамалъулги лъималазулги масъалаби тӏураялъул мурадалда хасаб министерство гӏуцӏизе кколинги. «РФялъул хӏукуматалда гьечӏо эбелалъулги хъизамалъулги масъалаби тӏуразарулеб цогояб идара. Гьел масъалаби рикьун руго батӏи-батӏиял идарабазда гьоркьор. Гьел идарабаздаги хӏалтӏулел руго лъималги хъизамги гьечӏел хӏакимзаби. Дир пикруялда рекъон, лъимал гьечӏев чиясда хъизамалъул масъалаби ричӏчӏизе рес гьечӏо!» — ян абуна гьелъ.\nЦӏияб законалъул проекталъул хӏакъалъулъ пикру цӏехон гьей щвана улкаялъул батӏи-батӏиял регионазде. Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялдаги тӏобитӏараб Жамгӏияб палатаялъул данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана гьеб суал. Гьединаб закон хӏажат гьечӏин абуна 44 чияс. Цо чияс лъазабуна, жинца проект мухӏканго цӏаличӏин ва пикру загьир гьабун бажаруларин абун. Нилъер хасияталъеги халкъалъул тарбиякьеялъеги рекъонкколеб закон гуро гьеб», — ан бицана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулхӏалим Мачаевас.\nХъизамалда яги батӏияб бакӏалда вукӏаго инсанасе зулму гьабиялъухъ тамихӏ гьабула РФялъул Административияб низам хвезабиялъул ва уголовнияб кодексалъул статьябазда рекъон. Рехсарал законаз гьукъула инсан вухизеги, гьесул черхалъегун сахлъиялъе зарал гьабизеги. Гьединлъидал цӏияб законопроекталъ низамалде бачине кколеб буго гӏицӏго моралияб зарал гьабиялъул иш. Мисаллъун рехсезе бегьула эмен лъималазде семи (малъараб гьабунгутӏи сабаблъун).\nКъокъго абуни, цӏияб законалъ зулмулъун рикӏкӏине буго хъизамалда билълъанхъараб гӏадлу чӏезабиялъул мурадалда гӏуцӏулел тадбирал. Масала, сардилъ къватӏахъ вукӏунгеян абун, инсуца васасе гӏадлу гьабуни, васасул ихтияр буго, «жиндие зулму гьабулеб бугин» абун хитӏаб гьабизе. Гьебмехалда инсуе гьукъизе буго хъизамалда гьоркьов вукӏине. Гьезда аскӏове къагеян лъазабун хадуб эмен рокъове вачӏани, гьев туснахъалде тӏамизецин рес буго.\nЭкспертазул пикруялда рекъон, «Хъизамалда зулму гьабиялъул хӏакъалъулъ» абураб закон къабул гьабуни, щибго гӏилла гьечӏев чи махӏрумлъула лъималазе тарбия кьеялдасаги жиндирго мулкалдаса пайда босиялдасаги. Гьелде тӏадеги, гьеб законалъ рагьулеб буго ришватчилъиялъе нухги. Хӏакъикъаталдаги зулму гьабулев чиясе рес буго, ришватги кьун, жиндир хӏакъалъулъ баянал рахчиялъеги. Гьединабго рес щвезе буго гӏарац хириял гӏадамазеги. Масала, «бечелъизе руго» зулмуялъукье ккарал гӏадамазул жагъаллъараб сахлъи цӏуниялъул мурадалда рагьизе ругел идарабазул хӏалтӏухъабиги гьединал идарабазда хӏалтӏизаризе абун батӏи-батӏиял программаби хӏадурулел психологалгун эксперталги.\nДагъистаналъул халкъазул руго жидерго хасал гӏадатал, рукӏа-рахъиналдагун хъизамалда рилълъанхъарал низамал. Масала, нилъеда мекъаблъун бихьула чӏахӏиязул адаб рехунтей, гӏисиназул тӏалаб гьабунгутӏи, чӏужугӏадан бихьинчиясде гьаракь борхун кӏалъай ва гь.ц. Нилъеца лъимал ритӏула гӏи-боцӏул тӏалаб гьабизеги, иццухъа лъел гӏеретӏ цӏезеги, мадугьаласе кумекалъеги. Гьеб рикӏкӏунаан гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъул аслулъунги хъизам-жамгӏияталъул цолъи-гъункиялъул кьучӏлъунги. Рехсараб законалъул проект къабул гьабун хадуб, гьединаб тарбиякьеялда абизехъин буго «хъизамалда зулму гьабилъун».\nХъизамалда зулму гьабилъун щиб рикӏкӏине кколеб, законопроекталда рекъон? Документалда абулеб буго: «хъизамалъулаб рукӏа-рахъиналъул зулму ккола цебеккунго ургъун, чӏванкъотӏарав чиясул черхалъе яги гьесул психикаялъе, яги гьесул мулкалъе зарал гьаби; гьеб заралъул букӏунаро административияб правоялда яги уголовнияб такъсиралда релълъараб хасият» абун. Бичӏчӏулеб мацӏалде буссинаби, зулму гьабилъун рикӏкӏине бегьула цӏарагӏ чурулаго, гъадаро бекиги (экономикияб зулму гьаби!), йо, эбелхвад, хехго квен цебе лъеян росас лъадуде ахӏиги (психикияб зулму!), цо дие мун бокьулеб куцанги абун, лъимер беэдулаго, гьесда квер кӏутӏиги (физическияб зулму!).\nКинха чӏезабулеб пуланаб хъизамалда цояс цогидасе зулму гьабиялъул хӏужа? Гьединаб баянгун низам цӏунулезул идараялде телефоналдаса кӏалъазе бегьула гьебго хъизамалъул чиги, мадугьалги, къотӏносан унаго, пуланаб рокъоса ахӏи-хӏур гӏинда чӏварав нухлулавги. Рехсараб законопроекталъул щуабилеб статьяялда рекъон, гьединаб баяналъул цӏех-рех гьабизе тӏадаб буго полициялъулги, федералияб ва регионалиябгун бакӏалъулаб нухмалъиялъулги, прокуратураялъулгун социалиял хъулухъазулги идарабазда. Нилъер аби буго, рукъалъул хабар къватӏибе гьурщугеян абун. Нухлуласда зулму кьейлъун пуланаб хӏужаги бихьун, гьес рехсарал идарабазул цоялде хитӏаб гьабиялъул хӏасилалда нилъер хъизамал ккезехъин ругеб бакӏалъул хӏисаб гьабеха."}
{"slug": "7103-pensionerazukh-e-rachiunel-talikhial-ul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7103-pensionerazukh-e-rachiunel-talikhial-ul-kag-tal", "title": "Пенсионеразухъе рачӏунел «талихӏалъул кагътал»", "date": "2020-02-04 09:16:00", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Гьал къоязда редакциялде бачӏараб Казбек районалъул Калининаул росулъа захӏматалъул ветеран Хайрудин Висаитовас бачӏараб кагътида хъвалеб буго:\n«Дун хӏалтӏулеб заманалда дир захӏматалъул книжкаялда гьабун буго СССРалъул Министрзабазул советалъул рахъалдаса баркала кьеялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай, гъулбас гьабун буго Михаил Сусловас. Дир хӏалтӏул стажги бахуна 45 соналде. Дун вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи.\nВетеранасе щибаб моцӏалда пенсиялде тӏаде кьола 504 гъурущ. Гьеб тӏаса къунцӏиялъе ургъулел «сабабалго» камуларо нижер районалда. Масала, Калининаулалда рищни баччаралъухъин абун, ЖКХялде кьезе кколеб буго щибаб моцӏалъ 20 гъурущ. Гьеб кьечӏого хутӏани, ветеранасе кколел бигьалъаби тӏаса рахъула.\nЩибаб моцӏалда дица кьола газалъухъги токалъухъги гӏарац – счетчикалъул баяназда рекъон. Цӏунун руго гьеб кьеялъе нугӏлъи гьабулел квитанциялги. Ветеранасе кколел бигьалъаби кьезе абун босулеб справкаги кьоларо, гьел квитанциязухъ халгьабичӏого. Руго токалъулгун газалъул счетчиказулги гьезухъ гӏарац кьеялъулги халгьабулел харжги кьун тарал контролералги. Гьезухъ ругел баяназдасаги бихьула, ветераназда хадуб налъи бугищали. Амма гьедин гьабуларо – хвезе заман щварал ниж, гӏунсбиги рехъерхъун, хьвадизе тӏамула собесалдеги цогидал бакӏаздеги.\nГьелде тӏадеги, зама-заманалдасан росдал щибаб цӏаракиялъухъе рачӏуна, лъилниги гъулбасги гъоркь гьечӏел, чӏахӏиял кагътал. Дихъе бачӏараб гьединаб кагътида хъван бугоан, «дуда хадуб газалъухъ кьезе кколеб гӏарцул 87 азарго гъурщил налъи бугин» абун. Киса гьеб налъи бижараб, щибаб моцӏалъ гӏарац кьолеб бугониги? Кьелищха дица гьеб? Валлагьги кьеларо, кьезе ресги букӏунаро дир. Хадубго бачӏараб гьеб «талихӏалъул кагътида» абулеб бугоан дица 57 гъурущ кьезе кколин абун. Нахъеги бицана, 8000 гъурщил налъи бугилан. Вахӏ, бецаб капекцин дица кьечӏониги, доб тӏоцебесеб кагътида рехсараб налъи кибеха тӏагӏараб?!\nНоябралъул ахиралда дихъе ячӏана цо гӏадан. Гьелъ бачӏана, дица 1500 гъурущ кьезе кколин токалъухъин хъвараб добго «талихӏалъул кагъатги». Дица гьелда гьикъана, лъица духъе гьеб кагъат кьурабан абун. Гьелъги жаваб гьабуна, добаса бачӏанилан абун. «Екере, доеги ун, досухъего кье дуца гьеб кагъат!» — ан абуна дица гьелда.\nЦогидал гӏадамазул жаваб кьеларо дица, амма нижеда, ветераназда, ракӏалде кколеб буго, щибаб моцӏалда токалъухъин, газалъухъин абун, нижеца кьолеб гӏарцуца батӏияб нухги босун, халкъ налъуда бугин абизе жал гьарулел ратилин абун. Гьединал «концертал» чӏалгӏарал нижеца хӏукму гьабуна Цӏияб соналъул авалалда Махӏачхъалаялде сапаралъ рахъине: ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе ине.\nГӏажаибаб жо буго – гьел «талихӏалъул кагътал» рачӏуна гӏицӏго пенсионеразухъе! Гитлерил фашизмалдаса бергьенлъиги босарал, рагъул кьогӏлъигун согӏлъиги хӏехьарал, кьалул авлахъалда ругезе тылалдаса кумекалъе нахъе къачӏел къвакӏарал гӏадамаз бокьараб жо хӏехьолин абураб пикруцин гуродай районалъул цо-цо хӏакимзабазул ботӏролъ щулаго кӏусун бугеб?!»\nРедакциялъул рахъалдаса: Хайрудин Висаитовасул кагъат нижеца битӏун буго Казбек районалъул жавабияв хӏалтӏухъанасухъе. Хьул буго, кагътие жаваб кватӏизабунгутӏиялде."}
{"slug": "7104-daru-batize-zakhimat-bugonigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7104-daru-batize-zakhimat-bugonigi", "title": "Дару батизе захӏмат бугониги…", "date": "2020-02-04 09:44:59", "categories": ["med"], "text": "Тӏолгодунялалъулго сахлъи цӏуниялъул гӏуцӏиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, щибаб соналда онкологиялъ унтулев вуго 10 миллион чи. Ахираб заманалда, ракалъул клеткабазул ДНК хисиялда хадуб халги ккун, онкологиял унтаби лъугьиналъе гӏилла балагьулеб къагӏида батун буго. Хьул буго гьединал цӏех-рехаздаса хадуб рак унтиялде данде даруги батиялде. Рак унтиялъул 250 тайпа букӏин хӏисабалде босани, бичӏчӏула гьеб унтуде данде къеркьезе ва дару балагьизе бигьаяб масъала гуреблъиги.\nСабаб камураб жо гӏажал гурони гьечӏин абулелъул, онкологиял унтабазде данде дару балагьулеб буго гӏадатияб медицинаялъ гуребги, халкъияб тохтурлъиялъул махщелчагӏазги, гьеб захӏматаб гӏузруялъул кӏичӏикье ккаразги. Унтаразги гьезул гӏагарлъиялъги, кин ва кисан цӏехонги, хӏаракат бахъула сахгьариялъулъ батӏи-батӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе. Цо-цо мехалда гьединал хӏалбихьияз жеги квешго унтизарулел руго. Ралъдалъ гъанкъулелъул хвасарлъизелъун борхьил рачӏ ккураб гӏадаб ахӏвал-хӏалалде кколел руго унтарал. Ахираб заманалда гӏадатлъун лъугьун буго бокьараб унти цӏехезе гӏадамал Интернеталде раккулеб, хӏатта цо-цояз унтул гӏаламатазда рекъон дару-сабабгицин жидецаго гьабулеб буго. Щай гӏадатияб медицинаялдаса гӏадамазул ракӏ буссун бугеб? Щай нилъ божулел, прививкаби, СПИД, рак унти дараби ричулел компанияз ургъунго халкъалда гьоркьор тӏиритӏизарулел ругин абун, Интернеталда пуланав чияс бицараб харбида? Щивасул ратила гьелъие батӏи-батӏиял гӏилаби, гьезда гьоркьобин абуни, гӏарац кьун гурони унтарасухъ гӏинтӏамуларев цо-цо ияхӏ гьечӏев пуланав тохтурасул гӏайибги батила…\nГӏалимзабаз некӏого чӏезабуна, XX гӏасруялда халкъалъул тушбабаз ургъараб биологияб ярагъ ккола онкологиял унтаби ва СПИД абун гӏадамазда гьоркьоб билълъанхъараб пикруги мекъаб букӏин. Масала, СПИД унти маймалаказдаса гӏадамазде бахараб унтилъун рикӏкӏуна. Нилъер эраялдаса 1500 соналъ цебе Египеталъул папирусалда хъвай-хъвагӏаял гьарун ругоан чӏужугӏаданалъул каранзул рак унтиялъул тӏоцересел хӏужабазул хӏакъалъулъ. Гьединго нилъер эраялде щвезегӏан 460-370 соналъ цебе некӏсиял греказул тохтурзабаз (Гиппократ) онкологиял унтабазе «краб» (καρκίνος) абураб цӏар кьун букӏана, гьелъие гӏиллаги букӏана гьеб унтул гьороялъул (опухоль) сипат-сурат ралъдал гарцӏалда релълъараб букӏин. Хадубккун гьеб унтуда рак абураб цӏарги рекӏана. Гьелдалъун бихьулеб буго рак ахирал гӏасрабазда баккараб яги ургъун бахъараб унти гуреблъи. Амма унтаразул къадарин абуни, цересел соназде дандеккун цӏикӏкӏунеб буго. Масала, Россиялда 10 соналда жаниб 32 проценталъ цӏикӏкӏун буго чӏужугӏаданалъул каранзул рак. Щибаб соналда онкологиял унтабаздалъун дунялалда холев вуго микьго миллион чи. ВОЗалъул баяназда рекъон, рак унтудаса гӏадамал хвеялъе гӏилла буго хъалиян цӏай, гьекъолди, радиация, «заралиял» нигӏматал хӏалтӏизари, экология чороклъи, гьаваялъулъ загьруял газал цӏикӏкӏин, ДНКялъул кодазул хисарди. Амма кигӏан гӏелмиял цӏех-рехал гьаруниги, рак унти сундасан ва кин лъугьунеб абураб суалалъе мухӏканаб жаваб батулеб гьечӏо. Гьелдаса цӏуниялъе сабаблъунги рикӏкӏунеб буго иммунитет щулаго цӏуни.\nАхирал соназда Интернеталда тӏибитӏараб халкъияб тохтурлъиялъул къагӏидалъун рикӏкӏуна ракалдаса содаялъ сах гьарулин абураб пикру. Ракъдал тохтурзабазги (знахарь) местӏерзабазги гьеб къагӏида тӏасабищиялъе гӏилла кинабха бугеб? Гьелъие гӏиллалъун рикӏкӏунеб буго местӏерзабаз рак унти «кандида» абураб грибокалдаса лъугьараб бугин абулеб букӏин. Кванил содаялъ грибок чӏвалин абураб хӏужа некӏогоялдаса хӏалтӏизабулеб буго халкъияб медицинаялда. Рак унти содаялъ сах гьабунин абун гӏемер бицунеб рагӏула Интернеталда, амма гьеб къагӏида гӏадатияб медицинаялъ къабулги гьабуларо ва гьелъул гӏелмияб цӏех-рехги гьабун гьечӏо.\nУнтуца мун щиван\nгьикъуларо\nОнкологиял унтаби лъугьиналъе мухӏканго гӏиллаби рихьизарун гьечӏониги, гьел унтаби бокьарав чиясул чорхолъ «кьижун» рукӏунин рикӏкӏунеб буго тохтурзабаз. Гьединал гӏузраби къватӏире раккиларедухъ щивав чияс иммунитет щула гьабизе кколин лъазабула онкологазги. Амма талихӏкъарасул чорхолъ гьеб багъаричӏого хутӏулеб гьечӏо. Цӏехолеб гьечӏо гьелъ лъидаго, мун минскинчийищ яги бечедавищан, векьарухъанищ яги тохтурищан. Щивас хӏаракат гьабулеб буго гьеб гӏузругун къеркьезе. 20 соналъ къеркьана онкологиял унтабигун ахирал соназда улкаялдаго цӏар рагӏарав онколог Андрей Павленкоги. Цин рак унти бугезе дараби гьарулевги вукӏун, ахираб лъагӏелгун бащдаб заманалъ жиндирго чорхолъ бессараб унтигунги къеркьезе ккана гьев. Павленкохъа бажарана гӏемерал унтарал гӏадамазе кумек гьабизе, гьел сах гьаризе ва гӏадатияб гӏумруялде тӏадруссинаризе, амма цогидазул тӏалабалда вукӏун, жиндирго чорхолъ багъарараб рак лъабабилеб стадиялде щвараб мехалда гурони гьесда лъачӏо. Хӏалтӏуда свакаялъги, жиндир заманалда кваназе рес щунгутӏиялъги унтулеб батилин жиндир кванирукъинги абун, халцин гьабичӏого тун букӏун буго онкологас.\nИсана лъагӏалил байбихьуда кванирукъалъул рак унтудаса хвана Петербургалдаса онколог, жамгӏияв хӏаракатчи Андрей Павленко. Гьес гӏуцӏун букӏана «Инсанасул гӏумру» абураб онкологиял унтаби ругел гӏадамазе малъа-хъваял ва квербакъи гьабулеб медиа-проект. Социалиял гьиназул кумекалдалъун, Интернеталдасан рихьизарулаан гьес, жиндирго унтиги мисалалъе босун, малъа-хъваял ва унтаразул ракӏбатулел къагӏидаби. Ахираб лъагӏелгун бащдаб заманалъ гьесие гьабуна чанго химиотерапия, облучение ва кванирукъалда операция. Амма дагьабго мадар лъугьарабго, гьев хӏалтӏуде тӏадвуссана ва цогидал унтаразеги жиндирго блогалдаса рак унтуде данде къеркьезе «къуват кьуна». Гьев хӏалтӏулев вукӏана гӏолохъанал онкологазе гӏуцӏараб цӏалул программаялда тӏад, гьабулеб букӏана онкологиялъ унтарал гӏадамазе кумек гьабулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъе нухмалъиги. Гьев хун хадуб РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъги лъазабуна, тохтурасул бахӏарчияб къеркьеялъул мисалалъ аза-азар унтарасе кумек гьабунин, жалго сахлъизе рукӏиналде ракӏчӏезабизе ва унтигун къеркьезеян абун.\nХвалда цересел къоязда гьес бахъун букӏун буго видео, жив хун хадуб Интернеталдаса биччайин абун. Гьениб онкологас унтараздехунги хитӏаб гьабулеб бугоан, жив хунин абун, рак унтуде данде къеркьей рехун тогеян абун. Унтабиги батӏи-батӏиял рукӏунин, унтуца живго къуркьизавиги жиндирго талихӏкъосинлъун рикӏкӏунеб бугоан гьес. Андрей Павленкол ахирисеб гьариялда рекъон, гьесул цӏаралда грант гӏуцӏун буго. Гьеб гӏуцӏиялъул аслияб масъалаги ккола онкологиял унтабазул ва гьелгун къеркьеялъул хӏакъалъулъ хъвалел журналистазеги, хварав онкологасул хъизамалъеги гӏарцудалъун кумек гьаби. Цӏар рагӏарав онкологасе кидаго квербакъи гьабулаан гьесул чӏужу, медсестралъун цадахъ хӏалтӏулей йикӏарай Аннацаги. Павленкол хъизамалъул буго лъабго лъимерги."}
{"slug": "7105-busade-kkaral-giadamazul-cherkhalda-rug-nal-l-uginchiogo-rukiine", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7105-busade-kkaral-giadamazul-cherkhalda-rug-nal-l-uginchiogo-rukiine", "title": "Бусаде ккарал гӏадамазул черхалда ругънал лъугьинчӏого рукӏине", "date": "2020-02-04 09:49:01", "categories": ["med"], "text": "Тӏоцебесеб иргаялда, бусаде ккаразул черх зама-заманалдасан биччараб катаналъ бацӏцӏина.\nГьелъие, тӏарсинибе хинаб лъелъе тӏела цо кӏудияб гъуд шампуналъулги 45 % спирталъул бащдаб стаканги ва багъарила. Гьелда гъорлъ ччураб катаналъ, ругънал лъугьунел бакӏазде хасаб кӏварги кьун, тӏолабго черх бацӏцӏина. Цинги черхалда ругънал лъугьарал бакӏазда бахина мазь ва эмульсия.\nМазь гьабула гьадин: босила щарил нахул 200 г, семечкадул нахул 200 г, цӏибахъараб накӏкӏигъотӏол пицӏцӏил 100 г ва найил хӏедул 100 г. Кинабго лъела чинидал цӏарагӏалъуб. Гьитӏинаб цӏаялда гьализабила 30 минуталъ. Цинги, бухӏилаго, мазь тӏела банкаялъубе ва, тӏад тӏалъелги къан, цӏорораб бакӏалда лъела. Лъикӏаб букӏуна мазь, ругънал лъугьинегӏан чӏечӏого, цебеккунго бахунеб бугони.\nЭмульсия хӏадур гьабулеб къагӏида: цо кӏудияб гъуд шампуналъулги, кӏиго кӏудияб гъуд спирталъулги, кӏиго кӏудияб гъуд талькалъул яги лъималазул присыпкаялъулги, аспириналъулги стрептоцидалъулги лъикӏ хъурараб цо-цо таблетка цоцалъ журазарила. Хъахӏаб эмульсия лъугьинегӏан лъикӏ багъарила. Гьеб бахина ругънал лъугьарал бакӏазда. Заманалдасан эмульсия ругънадаса, макъарги лъугьун, бортула. Цинги гьеб цӏидаса бахуна. Щибаб нухалда эмульсия цӏияб гьабизе ккола."}
{"slug": "7106-pajdayal-khurdul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7106-pajdayal-khurdul", "title": "Пайдаял хурдул", "date": "2020-02-04 10:00:11", "categories": ["med"], "text": "Кванирукъалда яги бакьалда ругъун бугони, гьадин гьабила:\nСемечкадул нахулги бацӏцӏадаб медицинаялъул спирталъулги лъаб-лъаб кӏудияб гъуд тӏела банкаялъубе яги шишинибе. Кӏалтӏуги къан, цо-кӏиго минуталъ лъикӏ чвалхезабила. Цинги спиртги нахги батӏалъилалде хех гьабун гьекъела. Гьедин гьекъезе ккола къойида жаниб лъабго нухалъ кваналалде 20 минуталъ цебеккун. Лъикӏ букӏина жиб-жиб нухалъ цого заманалда гьекъолеб бугони.\nАртрит, ревматизм, миозит, паралич, радикулит гӏадал унтаби сах гьариялъе ва инсульталдаса хадуб черх лъикӏ хӏалтӏиялъе лъабго лавралъул тӏамах хъурун лъугьараб жо банкаялъубе бала. Гьелда тӏаде тӏела бацӏцӏад гьабураб семечкадул нахул цо стакан. Анцӏго къоялъ бецӏаб, хинаб бакӏалда лъун тела. Цинги цӏвила. Гьеб бахуна унтарал бакӏазда къаси регилалде цебе.\nГӏемераб мехалъ сахлъуларого ругел ригъарал ругънал (язваби, бухӏараб бакӏ, гӏунараб бакӏ) ругони, босила мичӏчӏ, лъикӏ хӏаризабун хъурила, цӏалкӏила. Къойида жаниб 3 нухалъ цӏалкӏикьан биччараб мичӏчӏ ругънаде щвала, катан къаниги къачӏониги батӏалъи гьечӏо."}
{"slug": "7108-berzul-kanl-iyal-ul-kamilaj-tokhtur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7108-berzul-kanl-iyal-ul-kamilaj-tokhtur", "title": "Берзул канлъиялъул камилай тохтур", "date": "2020-02-04 11:13:04", "categories": ["pismo"], "text": "Гӏажаибго берцинаб, гӏурччинлъиялъ жаниблъи бацараб, ралъдал карачелабазул хӏеренаб сасалъ беэдараб бакӏалда эхетун буго Каспийск шагьаралда бугеб Дагъистаналъул беразул микрохирургиялъул центр. Исана 12 сон тӏубала дагъистаниязе хӏажатаб, канлъи цӏуниялъе гӏоло рагьараб гьеб централъ.\n— Гӏицӏго Дагъистаналъул росабалъа ва шагьараздаса гурелги, мадугьалихъ ругел Чачаналдаса, Ингушетиялдаса, хӏатта Азербайжаналдасагицин беразе сахлъи тӏалаб гьабун, канлъи цӏунизелъун рачӏуна гьанире унтарал, — ан бицана централъул директор, С. Н. Федоровасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор, Дагъмедакадемиялъул берзул унтабазул кафедраялъул нухмалъулев, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул бетӏерав офтальмолог, медицинаялъул гӏелмабазул академиялъул академик Гӏабдулхӏамид Гӏалиевас.\nТӏадегӏанаб махщалил тохтурзабиги руго централда хӏалтӏулел.\nМасала, Раисат Исмагӏилова. Гьелъул хӏакъалъулъ макъала хъвазе гьелде аскӏове щведал, гьелъ абуна:\n— Щай дир хӏакъалъулъ хъвазе кколеб? Дагьалищ гьанир ругел дидасаги мустахӏикъал тохтурзаби? Гьале Наида Гъойтиева, гъоле отделениялъул нухмалъулей Аминат Тидулаева…\n— Раисат Исмагӏилова йиго тӏаса бищараб махщалие ритӏухъай тохтур. Гьелъул анищги буго аспирантураялде цӏализе ине, — ян бицана Раисатил хӏакъалъулъ Аминат Тидулаевалъ.\nБеразул сахлъи щула гьабизе централде вачӏарав Николай Михайловичас бицана:\n— Кигӏан лъикӏха бугеб гьай Раисат Пахрудиновна гӏадал унтараздехун ракӏ унтун балагьулел, гьезул тӏалаб-агъаз гьабулел чагӏи ругеб мехалъ. Глаукомаян абураб берзул унти захӏматаб жо буго. Исана Раисатица дие ункъабилеб нухалда операция гьабизе буго.\n— Дун Южно-Сухокумск шагьаралда машинаби къачӏалев устарлъун вуго. Кинабго жо берцинго бихьизе ккани, лъикӏал берал хӏажалъиларищха. Ахираб заманалда берзул канлъи дагьлъана. Гьелъ вачӏарав вуго гьаниве, гьанир лъикӏал тохтурзаби ругиланги рагӏун. Гӏемер бицунеб рагӏана дида Раисат Исмагӏиловалъул махщалил хӏакъалъулъ, — ян абуна Хӏасан Шагӏбановас.\nАхир-къадги ратана хӏалтӏудаса эркенал минутал Раисатида ва гара-чӏвари ккана гьелъул кабинеталъуб. Кидаго гӏадин, киеялиго гӏедегӏарай гӏолохъанай тохтур циндаго гӏодое йиччана, щибалиго ракӏалде щолеб хӏалалъ юцӏцӏун чӏана. Гьеб сихӏкъотӏи гӏемер халат бахъинчӏо.\n— Щиб бицинеб? Лъаларо. Киналго росулъ гьарурал, гьенир гӏурал ва гьениб яшав гьабулел гӏадамазулго гӏадаб гӏумру букӏана дирги гьоркьохъеб школа лъугӏизегӏан. Дир эбелалда цӏар Пасихӏат буго, инсуда Пахрудин. Гьез дие лъай щвеялъе гӏоло бичана росулъ букӏараб мина, боцӏи-панз ва хъизамго гочана тахшагьаралде. Дун гурейги кӏигоги яс йиго нижер — Патӏиматги Аминатги.\n— Раисат, щиб гӏиллаха ккараб тохтурлъиялъул махщел тӏаса бищиялъе?\n— Дун, къокъго абуни, дарабазул махӏ бугеб рокъой гӏуна. Дир эбелалъул тӏолабго гӏумру ана цин росулъ фельдшерлъун хӏалтӏун, хадуб шагьаралда медсестралъун больницаялда унтаразе хъулухъ гьабун. Гьелъ батила дицаги гьаб махщел тӏаса бищараб. Дир гьитӏинай яц Патӏиматица инсул махщел тӏаса бищана. Гьей ккола экономист. Аминатиейин абуни бокьана психологлъун яхъине.\n— Тӏокӏабги кинабха эбелалъе талихӏги рохелги къваригӏараб. Росгун цадахъ дихъа бажарана нижерго ясазул берцинаб гӏумру гӏуцӏизе, гьезие тӏадегӏанаб лъай щвезабиялъе кумек гьабизе. Хасго дир ракӏ разияб жо ккана Раисатица сахлъи цӏуниялъул ишалда жиндирго гӏумру бухьинаби, — ян бицана эбел Пасихӏатица.\nХадубги Раисатица бицана:\n— Академиялда цӏали лъугӏун хадуб дида цебе чӏана кинаб махщелдай тӏаса бищилаян абураб бигьаяб гуреб суал. Малъа-хъваял гӏемерал рукӏана, амма дица хӏукму гьабуна инсанасе дунялалда бищун хӏажатаб жо берзул канлъи бугин ва гьеб махщел босизе бокьана. Дуцаго бералги къанщун хӏисаб гьабеха, бугищ бецлъуда вукӏун дунялалъулго тӏагӏамилан. Гьеле гьелъул хӏисабги гьабун, бищана дица берзул тохтурлъиялъул махщел. Мекъиги ккечӏо. Дие кутакалда бокьула дирго хӏалтӏи. Щивав чияс, жиндир берзул канлъиялъе сахлъи щварабго, воха-хинлъун баркала кьола рокъоре ун хадуб баркалаялъул кагътал рачӏуна, гьездаса дирги ракӏ бохула. Гьеб цохӏо дир гьунарги гуро, гьелда тӏад хӏалтӏулеб буго тӏолабго нижер центр."}
{"slug": "7109-ban-l-ugiulareb-bolnitsa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7109-ban-l-ugiulareb-bolnitsa", "title": "Бан лъугӏулареб больница", "date": "2020-02-04 11:17:50", "categories": ["pismo"], "text": "Ахирал соназда инсанасул сахлъиялде кьолеб кӏвар киса-кибего гӏадин нилъер республикаялдаги цӏикӏкӏанин абизе бегьула. Рана цӏиял поликлиникаби, кардиологияб центр, Каспийскиялда берзул больница ва цогидалги районаздагун росабалъ сахлъи цӏуниялъул идараби.\nГӏадамазул унти рукӏалиде ккезабиялъул мурадалда Дагъистаналда гуребги, тӏолго Северияб Кавказалдаго сахлъи цӏунулеб идаралъун рикӏкӏине бегьула Махӏачхъалаялда бугеб хӏарщул больница, ай жакъа цӏияб цӏар бугеб «Республиканская больница восстановительного лечения».\n1964 соналда чуязул бокь букӏараб бакӏалда тохтур Къагьир Гъамбулатовас кьучӏ лъуна гьеб больницаялъе, аскӏобго бугеб хӏорихъан даруяб хӏарщ, бухӏараб даруяб лъим хӏалтӏизабун хондроз, полиартрит унтаби сах гьарулаан. Чуязул бокь букӏараб бакӏ сверизабуна гӏадамал регулел палатабазде, рана ваннаби, хӏарщ бахунел кабинаби, ток лъолел, массаж гьабулел бакӏал, рана администрациялъе минаби. Амма рехсарал бакӏал рукӏана санагӏалъи гьечӏел, къваридал рукъзабахъ.\nХӏарщул больницаялда бугеб хӏалги хӏисабалде босун, гьениб унтарал регулел, кваналел, дараби гьарулел бакӏал цӏидасан санагӏатаб къагӏидаялда къачӏазе 1984 соналда Пятигорскиялъул курортологиялъул институталда больницаялъе цӏияб проект бахъана. Хадусел соназда тӏоцебесеб иргаялда бана санагӏатаб, унтарал кваналеб ва квен хӏадур гьабулеб мина, жакъа цадахъго нусиялда къого чи гӏодов чӏезе рес бугеб столовая буго гьениб. Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе бана администрациялъе ва дараби гьарулеб санагӏатаб мина.\nУнкътӏалаяб ва кӏиго-лъабго унтарав вегизе бегьулел рукъзазул гьабураб проект кагътидаго хутӏун буго.\nБольницаялъе бихьизабураб ракьалда хасал чагӏаз жалго бетӏергьанал минаби раялда сверухъ букӏана кӏудияб ахӏи-хӏур, амма гьелъул кинабгӏаги хӏасил ккечӏо. Сверухъ минаби раялъул хӏасилалда къотӏана бухӏараб лъим ва бащдаб лъагӏелгӏанасеб заманалъ, кӏигогӏан километралъул манзилалдаса бухӏараб лъим бачинегӏан, больница букӏана ваннаби гьаризе санагӏалъи гьечӏого.\nКъогогӏан соналъ хӏарщул больницаялъе нухмалъи гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул кандидат Казбек районалъул Буртунай росулъа Мусаев Ниязбегица. Хиса-басиязул соназда, кинабго гӏаммаб буголъи хасал гӏадамазул бетӏергьанлъиялде сверулеб мехалда, хӏарщул больницаги гьединго хасав чиясул бетӏергьанлъуде кьезехъин букӏана. Талихӏалъ, Ниязбегил хъизан, депутат, мунагьал чураяй Хӏамзатова Хӏаписатил жигаралдалъун биччачӏо больницаялда хъамалчагӏаз кверщел гьабизе ва гьеб цӏунун хутӏана киназего гӏаммаблъун.\nБольницаялъул терапиялъул, неврологиялъул, гинекологиялъул отделениязда цадахъго лъабнусгогӏан чиясе хъулухъ гьабула. Больницаялде гӏансаги гӏунтӏун вачӏун вукӏарав, лъабкъоялда анцӏидаса цӏикӏкӏун сонал рарав кӏудияв чи, сахлъун хадув, больницаялъе гӏансаги сайгъат гьабун, нахъе иналъул нугӏлъун ккана гьаб макъалаялъул авторги.\nГӏадамал унго-унгоги сах гьарулеб больницаялдеги республикаялъул нухмалъиялъ кӏвар кьуни бегьилаан ва нус-нус унтаралги гьелдаса рази хутӏилаан."}
{"slug": "7111-tsia-kkeyalde-rachuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7111-tsia-kkeyalde-rachuna", "title": "Цӏа ккеялде рачуна", "date": "2020-02-04 11:23:30", "categories": ["pismo"], "text": "Ахираб заманалда гӏемерлъулел руго минабахъ цӏаккеялъул хӏужаби. Аслияб къагӏидаялда гьелъие гӏиллалъунги ккола, токалъул ва газалъул алатал хӏалтӏизарулаго, гӏадамазул кӏвар гьечӏолъи.\nНагагьлъун рокъоб жаниб газалъул махӏ чӏвалеб бугони, нилъеда киназдаго лъазе ккола чирахъ бакизе бегьулареблъи, нагагь бакун бугони, свинабизеги бегьулареблъи. Хех гьабун къазе ккола газ трубабахъе бачӏине хӏалтӏизабулеб кран, рагьизе ккола гордал-нуцӏби. Гьединал хӏужаби ккани, ай нужеда газалъул махӏ чӏвалеб бугони, кӏалъай гьаб номералде: 112-01-04.\nМахӏачхъалаялъул Ленинский районалда бугеб Россиялъул МЧСалъул отделалъ лъазабулеб буго ва гӏадамал ахӏулел руго газалъул алатаздаса битӏун пайда босизе.\nГьелъие къваригӏуна:\n— Газалъул баллонал щулаго къан ругищал халгьабе.\n— Лъикӏаб гьечӏо газалъул баллонал дачабазда, гӏемертӏалаялъул минабазда цӏунизеги.\n— Дачабазде хьвадулеб сезон лъугӏулеб заманалда, гьенир газалъул баллонал толел ругони, гьел щула гьарун те, яги нахъе росе.\nЦӏодорлъи гьабе цӏа ккеялдаса!"}
{"slug": "7112-l-aramukh-algi-rak-van-rok-obe-l-imgi-bachun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7112-l-aramukh-algi-rak-van-rok-obe-l-imgi-bachun", "title": "Лъарамухъалги ракъван, рокъобе лъимги бачун…", "date": "2020-02-04 11:42:42", "categories": ["magiarukh"], "text": "«Гьалагаб Къаралгӏор\nАваргӏурухъе,\nИнсухъе вас гӏадин,\nгӏедегӏун буго…»\nГьадинан раккула мугӏрузда иццал, гьадинан лъугьуна магӏарухъ лъарал. Гьел гӏемерал журан лъугьуна гӏорал. Гӏорал чвахула ралъдалъе. Гьениб хинлъун, гьаваялде сверун, накӏкӏал лъугьун, рала цӏадал… Цӏидасанги раккула иццалги лъаралги, лъугьуна гӏоралги. Гьединаб буго тӏабигӏаталъул гӏаламат, хӏикмалъизе жо батуларо. Гьанже гӏелмуялъ кинабго малъула.\nХӏикмалъизе жо гьанже лъугьунеб буго магӏарухъа гӏорал дагьлъулел рукӏинги, цоцахъе гӏедегӏизе ва ралъдалъе тӏуранго чвахизе толел гьечӏолъиги. Щаклъи гьечӏо, тӏадехун рехсарал мухъал Гӏумархӏажи Шахтамановас хъвараб заманалда гӏадинан Къаралгӏорги гӏедегӏулеб батуларо Аваргӏурулъе. Дие абизе бокьун буго гьелъулги чвахи хьадарлъун батилин, цебе гӏадин, кинабго гьеб Аваргӏурулъеги бачӏунеб батиларин. Щайин абуни, цо рахъалъ магӏарухъ гӏемер балеб гьечӏо гӏазу-цӏад ва цӏоролал мугӏрулги риун лъугӏулел руго. Кӏиабилеб, инсанас лъедаса, цохӏо черхалъе гуребги, магӏишаталъеги гӏатӏидго пайда босулеб буго ва гьединлъидал киналго гуро лъарал гӏоразулъе щолел ва гӏорал цере гӏадин гӏедегӏарал гуро ругел.\nГьеле гьединал, гӏурухъе щоларел лъарал гӏемерлъана магӏарухъ. Гӏадамазе рес ккана, резиналъул рогӏралги росун, рикӏкӏадал лъаразухъа росулъе лъим цӏазе ва гьедин магӏишатгун гӏумру лъикӏлъизабизе.\nСураталда бихьулеб Лъаратӏа районалъул Мазада росу буго лъарал рагӏалда бараб. Цебехун гьениб лъел къварилъиги букӏунароан. Амма киназего рес кколароан рагьтӏа пастӏаби гьаризе ва гъутӏби гӏезаризе. Лъарахъа лъим чвахизабизе санагӏалъи кколарезе гьелъие рес рекъолароан. Гьединлъидал араб гӏасруялъул бащалъиялда мазадисез байбихьана гӏурумухъ кквезе, лъим бахунел бакӏазда пихъил гъутӏби гӏезаризе. Басрияб росу, чӏвадназде сверун, лъугӏизехъин букӏана. Талихӏалъ, рес ккана резиналъул рогӏраздалъун лъим рикӏкӏадасаго цӏазе ва, щивасул рокъобе гьебги бачун, гӏумру бигьалъизабизе.\nАмма гьелдаго цадахъ тӏабигӏаталъе ккана кӏудияб ками. Тӏагӏана Мазада жанисан чвахулеб букӏарабги лъар. Камуна гьеб аскӏосан унеб гӏоралъе ва дагьлъана Мазадаса щуго-анлъго километралъ гъоркьехун бугеб Аваргӏурулъе бачӏунеб лъимги. Бакъвана лъарамухъго. Гӏечӏо росдаего гьеб. Гьединлъидал гьале (сураталда бихьухъе), гьанже мазадисез резиналъул рогӏраздаса лъим цӏалеб буго рохьил рахъалда бугеб лъарахъаги. Лъида лъалеб, кигӏаналъ гьелъулги мухъ бакъвачӏого хутӏизе бугебали? Гьедин тӏагӏина цоги лъар. Гьединан лъугӏулеб, гӏурухъе щолареб чан лъардай бугеб Лъаратӏа районалда? Ратиларищха гьел Къаралмухъалдаги цогидал рахъаздаги. Гьединлъидал гӏисинал нилъер гӏорал Аваргӏурухъеги цере гӏадин гучалда чвахулел рукӏинищ. Резиналъул рогӏраца магӏарухъ гьабулеб революциялъул пикрабалъ вуго дун…"}
{"slug": "7113-kherekhderie-machikh-aderil-l-im", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7113-kherekhderie-machikh-aderil-l-im", "title": "Херехьдерие – мачӏхъадерил лъим", "date": "2020-02-04 11:49:46", "categories": ["magiarukh"], "text": "Кидаго цо хӏалалда гӏадан вукӏунаро: бечедав мискинлъула, мискинав бечелъула, унтарав сахлъула, сахав хола, хӏорал ракъвала, бакъвараб хӏор лъел цӏун батула.\nГьединабго жо ккана исана Харахьи росдаеги, 14 км бачараб лъимги къотӏун. Гьеб къварилъи бихьидал, мадугьалихъ бугеб Гӏоротӏа росдал гӏолохъабаз кумек гьабуна нижее лъим чӏезабизе. Гьединго районалдасаги щвана гьеб.\nГьанже нижее бокьун буго лъим Мочӏохъан бахъизе. Гьеб суалалъ щун рукӏана ниж гьанжегӏагар Мочӏохъ росдал жамагӏаталъухъе.\nКутакалда асарги гьабуна нижер росдал къварилъи гьез, жидерабго гӏадин, къабул гьабиялъ. Мачӏхъадерица гьарурал кӏалъаязухъ гӏенеккидал, дида ракӏалде ккана, нижго хъвачӏого, бачун лъим кьелаанин гьез херехьдериеян.\nМурадги тӏубан, цӏакъ магӏна-гӏиналда нухарегӏана гьез ниж. Гьединал мадугьалзабаздаса ниж кутакалда рохана. Нижер жамагӏатгӏан, Аллагьги разилъаги гьездаса.\nP. S. «Хӏакъикъат» газеталъул 2-абилеб номералда хъван букӏана 3 январалдаса нахъе лъимги гьечӏого хутӏараб Харахьи росдал хӏакъалъулъ. Сахъадерил магӏарда гъоркьан бачараб лъел рогӏороги цӏорон, лъим къотӏун буго гьенибе.\nХӏукуматалъ рагӏи кьун буго кватӏичӏого гьенисан цӏияб рогӏоро бачине. Гьединго херехьдерие бокьун буго, риидал пайда босизе гьебги тун, хасало хӏалтӏизабизе лъим Мочӏохъан бачине."}
{"slug": "7116-nuzhee-bayanal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7116-nuzhee-bayanal-e", "title": "Нужее баяналъе", "date": "2020-02-04 12:09:36", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "«Рекӏел ахӏи» рубрикаялде ритӏулел нужерго лъазабиял, суалал, гьикъизе бокьараб, лъазе хӏажатаб, лъугьа-бахъараб, ккара-тараб, смс битӏизе бегьула Вотсапалъул гьаб номералде: 8 988 301 25 40.\nГьединго Вотсапалъул кумекалдалъун нужер рес буго лъугьа-бахъаралъул яги ккара-таралъул хъвалаго, цадахъго суратги битӏизе гьебго номералде.\nИнсанасул напс хӏакъир гьабулел, кьучӏ гьечӏел СМСал газеталда рахъизе гьечӏеблъиги кӏочон тоге."}
{"slug": "7117-l-alishch-nuzheda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7117-l-alishch-nuzheda", "title": "Лъалищ нужеда?", "date": "2020-02-04 12:12:57", "categories": ["obshestvo"], "text": "• Устрицаялъул берал гӏадалнахалдасаги кӏудиял рукӏуна.\n• Цӏияб ручка кодобе щведал, гӏадамазул 97 проценталъ жидерго цӏар хъвала.\n• Руччабазде дандеккун бихьиназ жалго жидецаго чӏвала лъабго нухалъ цӏикӏкӏун. Амма руччабаз лъабго нухалъ цӏикӏкӏун хӏалбихьула жалго жидецаго чӏвазе.\n• Цӏунцӏра киданиги кьижуларо.\n• Кьижун ккезе ккани, гьоркьохъеб къагӏидаялда гӏадамасе анкьго минут гӏола.\n• Хамелеоналъул мацӏ жиндасаго кӏиго нухалъ халатаб буго.\n• Байкал ккола дунялалда бищун гъваридаб хӏор. Ганг, Ориноко, Амазонка, Волга, Дон, Днепр, Енисей, Урал, Обь, Темза, Сена, Одер гӏадал гӏорал лъагӏелалъ чвахизе ккола Байкал гӏадинаб гъваридаб хӏор лъугьине ккани.\n• 100 сон базегӏан чӏаго хутӏаразул 80 % руччаби ккола.\n• Жиндир гӏумруялда жаниб гӏадамасул букӏуна гьоркьохъеб кӏиго бассейн цӏезегӏанасеб хӏацӏу.\n• Гӏумруялда жаниб инсанас нахъа тола дунялалъул щуго экваторгӏанасеб нухлул халалъи.\n• Рокъоса гӏебеде хӏалтӏи гьабулаго, къоялъ чӏужугӏаданалъ нахъа тола 11 километр.\n• Бакътӏерхьул Китаялда чаялъубе чакаралъул бакӏалда цӏам бала.\n• Гӏумруялда жаниб инсанас кванала 27 тонна кванил.\n• Рукъ хехго ва хираго бичизе ккани, гьеб тӏогьилаб кьералъ белъине ккола."}
{"slug": "7159-k-ismatal-ul-sukh-makh-azdasan-anishchazul-khurzabakh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7159-k-ismatal-ul-sukh-makh-azdasan-anishchazul-khurzabakh-e", "title": "Къисматалъул сухъмахъаздасан анищазул хурзабахъе", "date": "2020-02-14 12:51:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул ва Игорь Рыбаковасул «Отец» (Эмен) абураб тӏехьалъул презентация.\nАби буго, лъимадуе тарбия кьезе кинаб къагӏида инсуца тӏаса бищаниги, гьеб гьесда релълъараб гурого букӏунарин абураб. Гӏ. Нурмухӏамадовасул хъизамалдаги гьедин ккана.\nГьитӏинаб къоялдаса нахъего инсул гӏамал-хасият ва гьабулеб иш мисаллъун лъугьана Хӏабиб Нурмухӏамадовасе. Инсуца церелъун рукӏарал масъалаби ва гьесул анищал гӏумруялде рахъинаруна васас.\nЖубараб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ дунялалда бищунго машгьураблъун рикӏкӏунеб UFC промоушеналъул чемпион куцалаго дандчӏварал захӏмалъабазул, рукӏарал бергьенлъабазул ва тренерлъи гьабулаго нахъа тарал соназул хӏакъалъулъ бицунеб буго Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас ва миллиардер Игорь Рыбаковас цадахъ хъвараб тӏехьалда.\nГьал къоязда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана дагьаб цебе басмаялда бахъараб «Эмен» абураб тӏехьалъул презентация (цебелъей). Гьениб Игорь Рыбаковас бицана жинца бизнесалъул дунялалде горду Дагъистаналдасан рагьанин ва хадубккунисеб гӏумруялъул нухдаги нилъер гӏадамал гӏемер дандчӏванин.\n«Эмен» абураб тӏехь хъваялъе гӏиллалъунги Хӏабиб Нурмухӏамадов UFC-ялъул чемпионлъун вахъин кканилан абуна гьес.\n— Дие бокьула цогидазда релълъинчӏел, жиделъ хаслъи бугел гӏадамалгун дандчӏвазе, гьединазулгун лъай-хъвай гьабизе. Хӏабиб UFC-ялъул чемпионлъун вахъарабго ракӏалде ккана гьевгун дандчӏвазе. Гьудул-гьалмагъзабаз балагьун щвана Гӏабдулманапил телефоналъул номер, анкьидаса гьевгун данделъана ва къотӏи гьабуна Ютубалъул каналалъе гара-чӏвари гьабизе. Чанго къоялдасан гьеб мурадгун щвана Махӏачхъалаялде. Лъикӏаб дандчӏвайги гьабун, Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас дун хадусеб къоялъ радал вачана Таргъу магӏарде векеризе. Ракӏрагьараб гара-чӏвари гьабизе бокьани, Таргъуялъул тӏогьиве вахине кколинги абуна гьес. Рес къотӏараб бакӏалде дунги ккезавун, рекӏун машинаялдагун живгоги ана. Хӏабиб Нурмухӏамадовги гьесда цадахъ вукӏарав лъабго-ункъоявги бер къанщилалде цереса тӏагӏана. Дунин абуни, бакӏаб цӏайиялда цеве вахъунев цо залимав спортсменгун, нахъа хутӏана. Захӏматго букӏана Таргъуялде вахине, амма бащдаб нухдаса кьурун нахъвуссунеб гӏадат гьечӏелъул, дун цеве ана.\nХӏалихъего щвана Таргъуялъул тӏогьиве. Гьанжегӏаги хӏухьбахъилин ракӏалде ккедал, эхетун гугаризе кколинги лъазабун, Гӏабдулманап, дов залимав спортсменгун, аскӏов эхетана. Палхӏасил, кинабго лъикӏ ана ва Нурмухӏамадовас дун жиндирго командаялда гъорлъе вачана.\nЮтуб каналалъе Гӏабдулманапилгун гара-чӏвари гьабулаго бичӏчӏана Хӏабибил бергьенлъабазул кьучӏ кисан бугебали ва цо сагӏаталъ рагӏа-ракьанде щун киналъулго бицун бажарулареблъи. Гьеб мехалъ ракӏалде ккана гьаб тӏехь хъвазе, — ян бицана Игорь Рыбаковас.\nТӏехьалда, гӏицӏго Гӏабдулманапил гуребги, Рыбаковасул гӏумруялъул хӏалбихьиялъул ва гьесул хъизан-лъималазул хӏакъалъулъги хъван буго.\nГӏабдулманап Нурмухӏамадовас данделъиялда бицана гӏадамасул къисматалда, гӏумруялда инсуца, тренерас, тарбиячияс кколеб бакӏалъул. Жив профессионалияв тренерлъун вахъунароанила тренераз кверчӏвай гьабичӏебани, гьезул малъа-хъваязухъ гӏинтӏамичӏебани.\n— Дир рукӏана цӏакъ лъикӏал, бажари-гьунар бугел тренерал. Жакъа къоялъги ракӏалде щола гьезул малъа-хъваял, дарсал. Тренерасда цебе чӏараб аслияб масъала ккола гьезул унго-унгоял гӏадамал лъугьинари, яхӏ-намусалде куцай ва хадусеб иргаялда чемпионаллъун рахъинариги.\nГӏорхъи гьечӏого гьунар бугел, амма гӏаданлъиялъул къатӏра рекӏелъе тӏинкӏизабун бажаричӏел гӏемер спортсменазулгун къо-лъикӏ гьабуна дица. Дир залалда кидаго гьединазе бакӏги букӏинчӏо. Чемпионал гӏемер рукӏин гуро шартӏ, Нурмухӏамадовасул школалде хьвадулел спортсменал гӏакълу-лъай бугел, къадру цӏунарал рахъин буго. Дида цере ругьун гьарулел гӏемерисел атлетазда лъала лъабго мацӏ — жидерго миллияб, гӏурус ва къватӏисел улкабазул, — ан бицана Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас.\nГьесулго рагӏабазда рекъон, «чемпион» абураб рагӏиялъ гъорлъе рачуна гӏемерал рахъал ва тӏехьалда бицунеб буго, спорталда гуребги, батӏи-батӏиял рахъазда щварал бергьенлъабазулги. Мисалалъе, бизнес ва хъизан гӏуцӏулаго щварал бергьенлъабазул.\nДанделъиялда кӏалъазе яхъарай Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул тӏоцеесей мугӏалим, Кироваул росдал школалъул директор Париза Элендулаевалъ рицана машгьурав тренерасулгун ккарал цо-цо интересал лъугьа-бахъинал.\n— Нижер рукӏана гӏемер хъазал ва гьезие хъулухъ гьабулей йикӏунаан мунагьал чураяй эбел. Цо къоялъ хъазал бида рецӏцӏулел ругин, ккараб жоги лъаларин, къваридго ячӏана гьей рокъое. Хадусеб къоялъ, гьезда хадуб халккведал, тӏатана Гӏабдулманапица гьел жиндиралгогун рагъизе тӏамулел рукӏин. Доб заманалда школалдецин унарев гьев цӏакъ гӏанчӏав, малъараб гьабуларев, гьикъараб бицунарев вас ватилин ккун букӏана. Амма школалде цӏализе вачӏараб къоялдаса нахъего бихьизабуна гьес жив цебе лъураб масъала гӏумруялде бахъинабулев лъикӏав вас вукӏин. Цӏалулъги, хӏалтӏулъги, ай киса-кивего вукӏана гьев мисалиявлъун, — ан бицана Паризаца.\nТадбиралъул ахиралда Гӏабдулманап Нурмухӏамадовас лъазабуна хадубккунги тренерлъи гьабизе ва гьелдаго цадахъ тӏахьалги хъвазе ругилан.\n— Гьаб гӏумруялда Аллагьас дие кинабго кьуна. Гьелъухъ щукруги гьабула Тӏадегӏанасе. Амма цого-цо масъала буго гӏумруялде бахъинчӏого хутӏараб — дица куцарал спортсменазда гьоркьов гьечӏо Олимпиялъул чемпион. Дагьаб цебе дица Махӏачхъалаялда рагьараб спортивияб школалда рукӏине руго дзюдоялъул, эркенаб гугариялъул, боксалъул ва тхэквондоялъул секциял. Аллагьас хъван батани, кватӏичӏого Олимпиялъул чемпионги вукӏина нижер кьеразулъ, — ан абуна Россиялъул мустахӏикъав тренерас."}
{"slug": "7160-khasab-asar-bugo-dir-chuyazdekhun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7160-khasab-asar-bugo-dir-chuyazdekhun", "title": "Хасаб асар буго дир чуяздехун", "date": "2020-02-14 13:15:47", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 февралалда «РИА-Дагъистаналъул» редакциялда тӏобитӏана Чотӏахъабазул федерациялъул вакилзабазул пресс-конференция. Республикаялда гьединаб федерацияги гӏуцӏана дагьаб цебегӏан.\nОфициалияб куцалъ, федерация хӏисабалда, гьелъие аккредитация щвана гъоркьиса Таргъу магӏарда рукӏарал чуял тӏамиялъул къецаздаса хадуб. Гьелъул президент ккола бизнесмен Зубай Мухӏамадов.\nУмумузул заманалда чуязде букӏараб хӏажалъиги гьезул къиматги жакъасеб наслуялъе цӏигьаби бугин жидер аслияб мурадилан бицана гьес.\nФедерациялъул исполнительнияй директор ккола Гӏайшат Гӏалиева. Гьитӏинго байбихьана гьелъ чуязул гӏумруялъул хӏакъикъат лъазабизе, гьабсагӏат зоотехниклъун хӏалтӏулейги йиго.\n— Нилъер республикаялда гӏезегӏан машгьурлъун руго чуял тӏамиялъул къецал, — илан бицана гьелъ. — Амма нижеда ракӏалда буго гьелдаго цадахъ чуял тӏамиялъул классикиял къецалги цӏикӏкӏинаризе. Гьезда гъорлъе уна конкур, троеборье ва гьел гурелги чотӏа гьарулел гьунаразул тайпаби. Гьединго машгьурлъи щун буго дунялалда пуланаб манзилалда чуял рекеризе риччаялъул рахъалъги. Хасго гьелде кӏудияб кӏвар буссинабулеб буго гӏарабаз\nФедерациялъул вакилзабазда ракӏалда буго цохӏо чуязул къецал машгьур гьари гуребги, гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъулъ гӏахьаллъизеги. Мисалалъе, лъимал чуязда гьунарал гьаризе, чӏорал речӏчӏизе, гьел гурелги, цере умумуз тӏоритӏулел рукӏарал къецазе куцазе.\nГьединго Гӏайшат Гӏалиевалъ бицана чуязда рекӏун хьвадиялъ гӏадамал сах гьарулеб куцалъул хӏакъалъулъги: «Мисалалъе, Бакътӏерхьул Европаялда машгьураб буго ипотерапия абураб медицинаялъул бутӏа. Сахлъиялъе сакъатлъи бугев чи чотӏа рекӏун хьвадиялъ кӏудияб пайда кьола. Нилъер республикаялдаги гьединал гӏадамал гӏемер ругелъул, гьанибги хӏалтӏизабизе буго гьеб къагӏида. Гьединаб ишалъе кӏиго чиги цӏализе витӏулев вуго нижеца».\nГьелъие гӏадамал куцалеб центр буго нилъер пачалихъалдаги. Централъе нухмалъиги гьабулеб буго машгьурав киноактер Дмитрий Певцовасул эбелалъ.\nЧотӏа гьунарал\nХӏабургъарал 90-абилел соназда чадида хадур лъугьун рукӏун, росдал къо гӏадал байрамалги этноспорталъул батӏи-батӏиял тайпабиги тӏуранго кӏочон рукӏана республикаялда. Гьанже цӏидасан гьезде тӏад руссунел ругин, дунялалдайин абуни этноспорт кутакалда цебетӏун букӏиналъул бицана чотӏахъабазул федерациялда этноспорталъул бутӏаялъе нухмалъи гьабулев Жамалудин Махтибековас.\n— Мисалалъе, Россиялда кӏудияб машгьурлъи щвана Тед Пединг абураб тайпаялъе. Гӏадатияб мацӏалде буссинабуни, гьеб ккола чотӏа вукӏаго ярагъ хӏалтӏизабиялъул къецал. Джигитовка – чотӏа тӏад гьунарал гьари. Нилъер гьаниб умумузул заманалдаго машгьураб букӏана гьеб. Гьединабго куцалда церетӏолел руго чотӏа рекӏун рукӏаго ярагъ хӏалтӏизабиялъул къецалги. Гьабсагӏаталда республикаялда гьединал чотӏахъабазул щуго чи гурони гьечӏо, дида ккола гьел жеги цӏикӏкӏинилан. Хадубккун дунялалъул аренаялде рахъине ракӏалда буго нижеда. Гьелъие ругьунлъизе бокьарав чи вачӏа нижехъе, — йилан абуна Ж. Махтибековас.\nЭтноспортго гӏадин, республикаялда чуязул туризмги цебетӏолеб бугин бицана ДРялъул туризмалъул федерациялъул нухмалъулев Шарип Муриловас.\n— Жакъа мугӏрузул мухъазда ругел гӏемерал районазе бокьун буго жидерго доба туризм цебетӏезабизе, гьеб мурадалда гьез рокъор чуялги хьихьулел руго. Амма гьелъие цин хӏалбихьи букӏине ккола чиясул. Щайгурелъул тӏоцеве мугӏрузде вачӏарав къватӏисеб улкаялдаса турист вачун чода рекӏинавизе бегьуларо. Гьелъие хӏажалъула цебеккунго хӏадурараб маршрут, ругьун гьабураб чу. Гурони — бокьараб къварилъи ккезе рес буго. Узухъда, чанги турист вукӏуна экстрималъул хӏалбихьизе бокьиялъ ракӏалде ккараб жо гьабизе хӏадурго, амма нилъго цӏодорго рукӏине ккола. Гьединлъидал цӏакъ лъикӏаб ишалде байбихьун буго Чотӏахъабазул федерациялъ. Нижерго рахъалдаса бажарараб кумек гьабизе нижги кидаго хӏадур руго, — ян абуна гьес.\nЖурналистаз федерациялъул вакилзабазда гьикъана нужеца гьел киналго къецал кир тӏоритӏизе ругелилан. Хасго ипподром бичун букӏиналъул харбалги ругелъул. Гьанже гьенир аскӏор гӏемертӏалаял минаби разе байбихьунги буго.\nГӏайшат Гӏалиевалъул рагӏабазда рекъон, гьезул аслияб база буго Махӏахъалаялъул Учхозалда аскӏоб, «Узден» абураб чотӏахъабазул клубалда. Жибго ипподромалъул къисматалда хурхун жидеда щибго абизе кӏоларин жаваб кьуна гьелъ.\nГьал къоязда интернеталда хъвалеб бугоан Шамил имамасул хӏакъалъулъ кино бахъизе чотӏахъабазул кастинг байбихьулеб бугин Кабардино-Балкариялда. Гьенир гӏахьаллъизе руго нилъер республикаялдаса чотӏахъабиги.\nГьелъул хӏакъалъулъ жинда рагӏун букӏинчӏин абуна Жамалудин Махтибековас, амма жив дандечӏарав вугила кино бахъулеб мехалда гьенир чуялги гӏахьаллъизе рукӏиналда.\n— Лъикӏаб дубль лъугьинегӏан, цого сценаги чанго нухалъ такрар гьабун, чуязе гӏакъуба кьола кино бахъулел чагӏаз. Шамил имамасул хӏакъалъулъ кино бахъиялда дандечӏун вукӏана дун. Ахирги цо лъикӏаб, камилаб куцалда бахъичӏого, жидедаго берцин бихьараб къагӏидаялда бахъана кинематографаз гьанжелъагӏан чанго кино, амма лъицаниги гьел реццулелги рагӏичӏо, — ян абуна Ж. Махтибековас.\nХадурагӏи\nМагӏарухъ кидаго къимат гьабулаан чодул. Хъизамалъул чиясдехун гӏадаб адабги букӏана гьелдехун. Гьеб къимат жакъа цӏидасан цӏилъулеб бугин абизе бегьула. Магӏарухъ гӏолохъабаз лъикӏаб багьаги кьун росулел руго чуял. Инсанасдаго хадуб хира гьабун буго чу исламалдаги. Шагӏир Гӏумар-Хӏажи Шахтамановасул кочӏолъ руго гьадинал рагӏаби:\nХасаб асар буго дир чуяздехун…\nГьезул малакь гӏуна дирги лебаллъи.\nГьанже чу бихьани, ракӏалде щола\nРагъул заманаги, нилъер мугӏрулги.\nДирги букӏана чу цӏадул кьер бугеб,\nКьолокь басандулеб, дир мацӏ бичӏчӏулеб\nХӏихӏиди гӏарцулаб, гӏамал чалухаб,\nГӏодоб хӏетӏ хъвалареб, пунхъи парччахӏаб.\n* * * * ** * * * * * * * * * * * * * * ** * *\nАмма чуял?… Думалъ рагъда хутӏана\nРосабалъан арал нилъер айгъирал.\nГьединлъидал гурищ гьезул наслудул,\nГӏарцулаб хӏихӏиди къанагӏалъараб.\nОгь, чуял, огь, чуял, чабхил нухазда\nНужер тӏикъвабазул къанагӏатаб кечӏ!\nБихьиназул чӏухӏи, мугӏрузул гугьар\nГурхӏараб хӏал буго хӏалчӏахъадазул.\nХасаб асар буго дир чуяздехун…\nДагъистан, дур чилъи, чотӏайин гӏураб!\nРиччанте цӏикӏкӏине чуял магӏарухъ. Хӏажатаб къоялъ кьолон гьебгун къватӏире рахъине кколеб къо бачӏинеги бегьула, щиб лъалеб…"}
{"slug": "7167-rossiyal-ul-tserekh-abazul-khialbikhuleb-zaman", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7167-rossiyal-ul-tserekh-abazul-khialbikhuleb-zaman", "title": "«Россиялъул церехъабазул» хӏалбихьулеб заман", "date": "2020-02-17 10:16:05", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьанжегӏагар Минеральные Воды шагьаралда рагӏалде бахъана «Лидеры России» конкурсалъул СКФОялда тӏобитӏулеб бутӏа.\nФиналалде рорчӏарал гӏахьаллъизе руго улкаялъул киналго регионазда бергьаразул къецазда.\nПалхӏасил, Минводыялде рачӏарал «лидеразул» бищун кӏудияб къокъа Ставрополь краялдаса букӏана – 106 чи. Гьезда хадубго рехсолеб букӏана Дагъистаналдаса къокъаги – 87 чи.\nГьедин Ставрополь краялдаса финалалде ворчӏана 14-яв, Дагъистаналдаса — 7-яв, Кабардино-Балкариялдаса — 4-яв, Северияб Осетиялдаса — 2-яв, Чачан Республикаялдаса — 2-яв, Карачаево-Черкесиялдаса -2-яв.\nФиналалде рорчӏарал дагъистаниял ккола – Фарид Абалаев, Хӏажимурад Гӏабашилов, Вагьаб Гӏабдулхӏамидов, Гӏалихан Аварский, Адил Акавов, Сагӏаду Казиев, Патӏимат Гӏумарова.\nГьанир гъоркьехун кьолел руго гьеб конкурсалъул хӏакъалъулъ цо-цо пикраби:\nИдрис Юсупов, «Новое дело» газеталъул журналист, конкурсалда кӏицӏулниги гӏахьаллъарав, амма финалалде ворчӏичӏев:\n— Дун гъоркьисаги гӏахьаллъана гьеб конкурсалда. Бащдаб финалалде ворчӏун вукӏана. Гьединлъидал исанаги хӏалбихьизе ракӏалде ккана. Цевехъанлъи гьабизе малъулеб, чиясулъ гьединаб махщел тӏатинабулеб гӏезегӏан пайдаяб конкурс буго гьеб. Тӏадежоялъе, тӏолабго Северияб Кавказалдаса церетӏураздаса церетӏурал гӏадамал данделъараб бакӏалда батӏияб асарги букӏана, лъикӏал лъай-хъваялги ккана.\nАмма дида цо жо бичӏчӏичӏо гьениб. Кинаб къагӏидаялдалъун, щиб берцин бихьун жюриялъ чи тӏаса вищулевали. Гьез нижедаги бицинчӏо гьеб. Ахиралда лъазабула гьалги-гьалги чагӏи бергьанилан. Сундуе гӏолояли лъиданиги лъаларо.\nКин букӏаниги, ун лъикӏ нилъер чагӏи гьединал къецазде. Гъоркьиса анлъго дагъистанияв вачӏун вукӏана финалалде. Амма гьезул цонигияв бергьинчӏо. Исана анкьгоял рахъана финалисталлъун. Балагьила, улкаялъул даражаялда кинаб къимат гьезие кьолебали.\nГъоркьиса рукӏараздаса цӏикӏкӏун чагӏи рачӏун рукӏана нилъер республикаялдасаги. Гьебги лъикӏ гьечӏищха?\nХӏажимурад Гӏабашилов, «Лидеразул» финалист, («Хъиргъу» компаниялъул директор):\n— Дун гӏажаиблъизавуна дора гӏахьаллъарал нилъер республикаялдаса вакилзабаз. Кутакалда къуватал конкурентал ратана гьел. Гьезул рахъалъ дирго гӏадаб пикру цогидал республикабаздаса вакилзабазги загьир гьабуна.\nГьенире ракӏарун рукӏана жал чара гьечӏого церехун ине кколин абураб пикруялъ кодоре росарал, амма гьеб лъаялдаса чӏухӏи яги рекӏелъ жахӏда-хӏусуд гьечӏел гӏолохъаби. Цоцазулъ къец балел рукӏин лъаниги, гӏезегӏан гӏодоре риччан, жидедаго ракӏчӏун кӏалъалелги хьвада-чӏвадулелги рукӏана дора киналго. Гьудуллъиялъул асар букӏана сверухъ. Амма, битӏун бицани, дидани ккун букӏана гьениб ракӏчӏегӏерлъиги ццимги камиларилан. Гьединаб бакӏалда конкуренцияги хӏиллаги халлъи гӏадатияб жолъидалха.\nДунго финалалде ворчӏиялдасаги цин вохана, хадув гӏажаиблъана. Дие хӏажат букӏана конкурсалде рачӏарал церетӏурал пикрабазул, бербалагьиязул гӏадамазулгун лъай-хъваял, бухьенал гьари. Гьединлъидал, цо гъорлъе ваккун, конкурсалъул тӏалабгицин гьабулеб букӏарабищ дицаяли… Амма гьедин бухьенал гьаризе ва гьелдалъун гӏадамал цолъизаризе конкурсантазул бугеб махщалидеги кӏвар кьураб къагӏидаха жюриялъ.\nНилъер гьаниса 87-гӏан чи дове вачӏиналъул магӏна ккола гьеб конкурсалде божилъи гьабулеб букӏин. Гъоркьиса гьенив бергьарав Абзагьир Хӏусенов ДРялъул росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министрлъун теялъги цӏакъго ракӏбазабуна гӏадамазул.\nГьединго нилъер гьаниб гӏадат буго цо чияс щибниги гьабуни, жиндир камураб щибин, жиндаги кӏоларогойищ гьебго жо гьабизеян, цоцазулъ къец бай. Хасго спорталъулъ дандчӏвала гьеб. Гьанже лъаялъулъги баккулеб буго.\n— 87 чиясда гьоркьоса 7 чи финалалде ворчӏи кин дуда бичӏчӏулеб?\n— Гьеб гӏезегӏан лъикӏаб хӏасил буго. Нилъеразул анцӏго чиниги бергьинилан абураб хьул букӏана нижер. Щал гьел рукӏине бегьулелали нижецаго цере чӏезарунги рукӏана. Масала, дидаги Гӏалихан Аварскиясдаги гӏемерисез абулеб букӏана жидеда ракӏчӏун лъалин нуж кӏиялго бергьине рукӏин. Амма нижедаго гьедин кколеб букӏинчӏо. Нижер пикру букӏана жюриялъе къваригӏараб куцалда лидерлъи гьабизе бажарулеб батиларин нижехъаян абураб. Хӏакъикъаталда абуни, гьез лъикӏаблъун рикӏкӏана пуланаб ишалда гъорлъе гӏадамал цӏазе, пуланаб пикруги рекӏелъе биччан, чи цо ишалде машгъуллъизавизе бугеб гьунар. Жюриялъ гуро нижее гьеб баян гьабураб. Гьедин батилилан нижедаго ракӏалде кколеб буго, киналъулго хӏисаб гьабидал.\n— Лъиде букӏаниги цӏайи букӏанищ гьезул, ай цоял цере гьарун, цогидал нахъе цун?\n— Букӏинчӏо. Масала, техника чӏун хутӏиялда, хвеялда бан цо-цоял кватӏулел рукӏана жавабал кьезе. Гьезиегицин кумек гьабуна жюриялъ. Гӏицӏго цо хӏужа рекӏее гӏечӏо нижее – хъвадарухъан ва гӏалимчи, Кубачиса Сагӏид Ниналалов конкурсалде виччачӏолъи. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьев судалде гъоркье ккарав чи вукӏин. (Кубачи росдал художествияб комбинаталъул директорлъун вукӏаго, чанго соналъ жанив тӏамун вукӏана гьев – ред.).\nШугӏайнат Мухӏамадова, Минводыялда конкурсалда хадуб халккун йикӏарай «Махачкалинские известия» газеталъул бетӏерай редактор:\n— Цо бакӏалде данделъарал цебетӏураб лъаялъулги, гьанже заманалъул къагӏидаялда хӏалтӏизе бажарулеб пикруялъулги махщалилги гӏадамал рихьидал, рекӏее гӏажаибаб асар лъугьинчӏого хутӏуларо.\nБокьараб ригьалъул чиги гӏахьаллъизе бегьула гьенив. Гьединго цо командаялде ккезе бегьула пуланаб идараялъул нухмалъулевги гӏадатияв хӏалтӏухъанги. Жюриялъе батӏалъи букӏунаро дур хъулухъ-пишаялъулги дуда нахъа бугеб бечедаб тухумалъулги.\nГьединго исана журналистазе тӏоцебе рес щвана финалистазда цадахъ цо столалда нахъа гӏодорги чӏун, ишалъулал хӏаязда гӏахьаллъизеги. Гьелдалъун нижеда бичӏчӏана конкурсалда суалазе жаваб кьолелъул гӏахьалчагӏазул кинаб хӏал букӏунебали.\nПалхӏасил, Северияб Кавказалъул курортал туристазда берцин рихьиялъе щиб гьабизе кколебин абураб суал лъуна экспертаз нижеда цебе. 10 минуталдасан нижеца жаваб кьуна гьеб регионалъулги гьелъул гӏадамазулги рахъалъ интернеталдеги прессаялдеги гӏицӏго лъикӏаб, ракӏ тӏаде цӏалеб информация гурони рехизе бегьуларилан. Гӏурусалъ абуни, информациялъул фон абураб жо лъикӏлъизабизе кколин. Ниж журналисталлъидал, жавабги гьелдаго релълъараб кьунаха."}
{"slug": "7168-khisa-basiyazul-gogen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7168-khisa-basiyazul-gogen", "title": "Редакторасул калам", "date": "2020-02-17 10:36:05", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Хиса-басиязул гьогьен\nАссаламу гӏалайкум, гӏагараб, бокьулеб, бокьараб заманалда нужее божараб гьудул-гьалмагълъун букӏине хӏадураб «Хӏакъикъаталъул» къадруял цӏалдолел!\nМагӏнаяб, гъваридаб, нужер ургъелазул гъамас ричӏизе кӏолеб, пикрабазул ханлъун, хиялазул нурлъун лъугьине рес бугеб миллияб казияталъул коллективалъул цӏаралдаса цо гьитӏинабго хитӏаб гьабизе ракӏалде ккана жакъа. Жиндир бечедаб тарихги цӏарги бугеб, жиб гӏуцӏаралдаса гӏасруялдасаги цӏикӏкӏун заманги араб авар басмаялда хӏалтӏизе ва хӏатта гьелъие нухмалъи гьабизе щвей дица рикӏкӏуна гӏумруялъулго талихӏлъунги тамашаяб битӏккейлъунги.\nГьале лъабго моцӏ ана дица «Хӏакъикъаталъе» нухмалъи гьабулелдаса. Щибха гьабизе кӏвараб нижеда гьеб къокъаб болжалалда жаниб?\nБицинегӏан кӏудиял, кӏалцӏун рехсезе мустахӏикъал ишал гьаризе кӏвечӏониги, авар миллаталъул матӏулъун кколеб казияталъул гьумер дагьа-макъабго хисизабизе, цӏилъизабизе бажарана.\nГъоркь рукӏарал рагӏул унго-унгоял устарзабазул хӏалбихьиялда ва тӏаде рачӏарал журналистазул гъираялда мугъчӏвайги гьабун гӏуцӏараб хӏалтӏуца хӏасилалги квешал кьолел гьечӏо.\nЦӏалдолел рази ругин ккола жакъа казияталда информациялъулаб рахъ лъаледухъ хисиялдаса. Гьелъие «гӏайибияллъун» ккола машгьурай журналист Хӏажиева Зульфияги гӏезегӏан жигарав мухбир Ашахан Юсуповги.\nАдабияталъул, маданияталъул ва исламияб диналъул тӏагӏам цӏалдолезул кӏутӏбузда хъвазабизе кӏвечӏони, жиндие хӏалхьиги рахӏатги букӏине гьечӏилан ракӏчӏезабулеб буго, чанго соналъ Шамил районалъул казияталъул бетӏерай редакторлъунги хӏалтӏун, нахъеги «Хӏакъикъаталде» тӏад юссарай Гьитӏинова Патӏиматицаги.\nГьединго тӏад буссана сатирияб гьумер «Бахьикъосги». Цебе гӏадин эркенго хӏакимзаби какизе рес гьечӏониги, ракӏалда буго, машгьурав классик Цӏадаса Хӏамзатил къагӏидаялъ, реццун-какун гьезул тату хвезабизе.\nИнкар гьабуна гӏурус мацӏалда биччалеб букӏараб кӏиго гьумералдасаги. Гьадинги рекӏеда рекӏун бугелъулха, магӏарухъцин гъира-шавкъалда хъурулеб, кӏудиял вацазул мацӏ.\nБайбихьана кӏиго мацӏ жидер бугел магӏарулазул мацӏазда гьурмал риччазеги. Гьанжелъагӏан къватӏире рачӏана бежтӏадерил, гьинухъисезул мацӏазда гьурмал ва жакъасеб номералда кьолеб буго гӏахьвалазул мацӏалдаги гьумер.\nАмма буго, хӏурматиял магӏарулал, нилъ киналго пашман гьарулеб цо суалги. Гьеб ккола миллион къадар бугеб къадруяб миллаталъул казияталъул тираж щуазарил гӏорхъодецин бахинчӏолъи.\n50 азарго чи вугеб дирго гӏагараб Болъихъ районалда гӏицӏго 290 экземпляралъе подписка гьабун буго. Кинха дица къимат кьелеб цогидал районазе? Шагьар гӏадаб Ансалтӏаги, Шодродаги, Зилобги, Гӏалахъги цониги казият хъвачӏев дир рес гьечӏо районцояз адаб-хӏурмат гьабунилан вохизе яги чӏухӏизе. Ресалда, санагӏаталда ва намусалда рекъараб хӏалтӏи гьабун буго хӏалчӏахъадаз.\nТӏолабго гӏолохъанлъи интернет, телефоназдеги буссараб, гьезул кӏарчанал ракӏазда дунялалдаго цӏар рагӏарав имам Шамилги кӏочараб, кӏудияв Расулил шигӏрабаз щибниги асарги гьабулареб, гьайбатал умумузул бахӏарчиял ишаздаса расниги чӏухӏиги гьечӏеб гьаб хӏалихьатаб заманалда нилъерго цӏарги, мацӏги, миллатги цӏунизе ахӏараб «Хӏакъикъаталъе» подписка гьабунгутӏиялда цо кутакаб гӏажаиблъи гьабизе бакӏ гьечӏо. Амма нечезе, намуслъизе, пашманлъизе тӏубараб ихтияр буго.\nПодписка гӏодобе ккеялъул гӏайиб, гьайгьай, нижедаги буго. Кидаго гуро казияталъул гьурмазда рукӏунел цӏалдолезул ракӏ тӏаде цӏалел, гьезие асар гьабулел макъалаби. Гӏемер дандчӏвала дора-гьаниса росарал, чӏамучӏал, чӏалгӏарал, чӏорогоял жал.\nЗагӏипаб букӏана цӏалдолезулгун бухьенги. Цониги районалда вукӏинчӏо хасав мухбир. Талихӏалъ, кӏвана гьеб гъалатӏ битӏизабизе ва мугӏрузул ичӏго районалда хасал мухбирзаби тезе.\nЦӏияб соналдаса нахъе Гъизилюрт, Хасавюрт, Казбек районаздаги хӏалтӏулев вуго хӏалбихьи бугев мухбир.\nДагьаб цебегӏан «Хӏакъикъаталда» тӏобитӏана магӏарул районазул газетазул редакторзабазулгун лъикӏаб дандчӏвай, гьабуна цоцазулгун лъай-хъвай, ккана щулияб къотӏи бакӏалъулал мухбирзабаз жидерго районазда кколел киналго лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ материалал республикаялъул газеталдеги ритӏизе.\nПалхӏасил, хиса-басиязул гьогьен чӏвазе байбихьана нилъер миллияб казияталда."}
{"slug": "7169-anktsiul-bortsun-l-iki-gurishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7169-anktsiul-bortsun-l-iki-gurishch", "title": "Анкьцӏул борцун лъикӏ гурищ?", "date": "2020-02-17 11:21:27", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Гьаб ахираб лъабго анкьида жаниб дир остолалъул рагӏалда гӏуна цӏибахъараб анкьго тӏехь.\nГьел киналгоги руго шигӏрабазул. Магӏарул мацӏалда басмаялда бахъараб щибаб цӏияб тӏехь — гьеб буго миллаталъул бечелъи. Рекӏеде бачӏанщинаб хъван къватӏибе гьурщулеб заман буго гьаб. Тӏахьал рахъиялда, гьезул даражаялда хадубги гьечӏо щибго халкквей. Интернеталъул гӏатӏилъухъа рищарал кучӏдуздаса гӏуцӏараб тӏехьалъул дагьабго бицен гьабизин. «Сариназул си» — басрияб Къахӏиб росдал хутӏелалъул сураталда тӏад хъвараб гьеб цӏар буго жилдазул цебесеб гьумералда, нахъисеб, ай жилдалъул ахираб гьумералда буго Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Баху-Меседо Расуловалъул сурат, гӏурус мацӏалда хъван гьелъие щварал шапакъатазул, цӏаразул сияхӏ. Жилд бегун жанире раккидалги тӏанчил тӏарада шагӏиралъул цӏар.\nЦоги тӏамач бегун хал гьабидал буго: «Автор-составитель, редактор и спонсор книги — народный поэт РД Баху-Меседо Расулова» абун. Лъикӏаб садакъа, пайдаяб иш гьабун бугин кколеб буго ракӏалде гьенибги. Амма фейсбукалда, «Сариназул си» тӏехь гьоркьоб лъеялъул данделъиялде шагӏиралъ ахӏулеб лъазабиялда гъоркь ругел комментариязулъ Баху-Меседоца хъван батулеб буго: «Сариназул си» буго жалго авторазул гӏарцухъ къватӏибе биччараб, гьеб гьоркьоб лъеялъул тадбир гӏуцӏиги гьез жидедаго тӏаде босараб…», — ян.\nБерцинаб цӏар кьураб тӏехьалъ жанире рачун руго 15 авторасул асарал, цӏарал руго тӏоцере рагӏулелги, рагӏун цӏалдолез къимат кьуралги. Кочӏол си гӏуцӏулев щивав чиясулго гӏадин, гьезул мухъазулъги буго ватӏаналде, эбелалде рокьи загьир гьабурал, тӏекълъиялда рекъонгутӏи, заманалъул гӏузраби рекӏелъ гъугъан яги рохел загьир гьабун хъварал жугьаби. Щивасул жиндир хатӏ, къагӏида, гъварилъи яги борхалъи. Кучӏдул руго гӏемерго цӏубаралги, тӏад хӏалтӏичӏолъи бихьулел загӏипалги, гьижа камуралги, кибалиго рагӏараб кочӏол мухъ жидерго къадалъ рекъезаруралги.\nГьел цӏарал яги гьезул гьунар цӏалкӏинисан риччай гуро мурад бугеб. Рукӏун лъикӏ магӏарул мацӏалда хъвадарулел гӏадамал. Амма щайха бесдал эбелалъ кьолеб панкъ гӏадин цебе рехулеб гьезул гьунар жиндирго цӏаралъул гъалайги тӏад биччан? Гьелде ккарай гӏаданищ халкъияй шагӏир? «Автор-составитель, редактор и спонсор книги — народный поэт РД Баху-Меседо Расулова» абун бихьизабунги бугелъул, бегьуларищ букӏараб техникияб рахъниги рекъезабун, гьижа камуралъуб, тӏокӏлъаралъуб тӏад квер бахъун кьезе басмаханаялде?\n«Анкьцӏул борце цин къотӏе», — ян абураб умумузул гӏакъилаб каламалъул пикру гьабеян абизе бокьилаан тӏахьал рахъулелщиназда.\nЖиндир рекӏел хӏал къватӏибе кьураб цеберагӏи хъван буго Баху-Меседоца тӏехьалъе. Гьенибго Баху-Меседоца баян гьабулеб буго жинца гьаб тӏехьалда лъолел кучӏдул къачӏачӏиланги. Кӏудияб гьунаралъул шагӏирзабазегицин хӏажалъулеб редактура гьанжего-гьанже шигӏрияб рагӏи гӏуцӏулезейищ къваригӏунареб? Тӏадгояб рецц-бакъалдасаги цӏакъ гьел шигӏраби хъвалезе хӏажат буго ритӏункколеб малъа-хъвай.\nКъалмица хъвараб гӏащтӏиялъ къотӏуларин абухъего, жидерго наслабазе толеб тӏехь дагьаб даража цӏикӏкӏараблъун бихьизе бокьилароандай «Сариназул си» тӏехьалъул авторазеги?"}
{"slug": "7174-sarinazul-siyal-gaburab-asar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7174-sarinazul-siyal-gaburab-asar", "title": "«Сариназул сиялъ» гьабураб асар", "date": "2020-02-17 11:56:54", "categories": ["kultur"], "text": "5 февралалда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда данделъун рукӏана, Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Баху-Меседу Расуловалъул проекталда рекъон, къватӏибе бачӏараб «Сариназул си» абураб, 15 авторасул кучӏдуздаса гӏуцӏараб, тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицине.\nТадбир нухда бачарав Магӏарул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас бицана магӏарул адабияталъулги тӏехьалда лъурал кучӏдузул авторазулги хӏакъалъулъ.\n— Рохизе ккараб хӏужа буго рахьдал мацӏал загӏиплъулел гьаб заманалда, гьел мацӏазда хъвадарулезул къадар цикӏкӏунеб букӏин. Щивав авторги мустахӏикъав вуго рецц-бакъалъе. Гьезул кучӏдузулъ загьирлъун буго ватӏаналде хӏасратаб рокьиги, жакъасеб къоялъул масъалабаз, миллат-мацӏалъул ургъелаз ракӏазулъ бижараб рахӏатхвейги. Шагӏирасул рагӏуца цӏунана ва жакъаги цӏунулеб буго ватӏаналъул тӏадегӏанлъи, — ян абуна гьес.\nДандеруссиналда кӏалъана шагӏирзаби Махсутӏ Зайнулгӏабидов, Сабигат Мухӏамадова, Залму Мухӏамадова, Шамил Мухӏидинов, Тубхӏат Зургьалова, «Хӏакъикъат» газеталъул вакилзаби, тӏехьалъ кучӏдул жанире рачарал авторал ва цогидалги.\nИмам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас авторазе кьуна фондалъул цӏаралдасан Хӏурматалъул грамотаби.\nМагӏарул адабияталъул горсвери берцин гьабуна Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевас. Жабрагӏил Хӏасановасул рагӏабазда гьес ахӏараб кечӏалъ гӏумруялъул пикру гьабизе тӏамулел рукӏана гӏенеккарал. Ахӏана гьенир тӏехьалъул авторазул цояйлъун кколей Махӏачхъалаялъул рикӏкӏадасан лъимал цӏализариялъул централъул мугӏалим Гӏайшат Хирамухӏамадовалъул рагӏабазда нашидалги."}
{"slug": "7175-tsialdolezul-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7175-tsialdolezul-pikrabi", "title": "Реццани — рохун, какани — барщун", "date": "2020-02-17 12:04:07", "categories": ["kultur"], "text": "Гьанже магӏарухъе инсул рокъове щвараб мехалъги, гьадингоги гӏемер ракӏалде щола дида инсул гьеб мина балеб мехалда гьенив хӏалтӏулев вукӏарав кӏиго устар.\nЦояв — Хӏамзатил Гӏали, Гӏурухъ-Сотӏа росулъа цӏар рагӏарав къадал устар, сверухъ росабалъги районаздаги лъалев. Цогидав — гъалай биччан гӏертӏал, цӏа-рагӏ къачӏалев нижер Гьочоб росулъ вукӏарав Тӏелекьа Мухӏамад.\nСверухъ росабалъгицин тӏокӏалъ къачӏазе цӏа-рагӏ хутӏун букӏинчӏеб къагӏидаха, Мухӏамадги цо рагъи букӏинесеб бакӏалда гьитӏинабго къед балев вукӏана.\nГӏалицайин абуни ганчӏил кӏамураби гьарулел рукӏана.\nМухӏамад Гӏалидаса къогогӏаги соналъ гьитӏинавги вукӏана. Гӏали — гӏемераб гӏумруги гӏадамалги рихьарав, чанги батӏияб бакӏаздеги щварав чи вукӏун ватилин ккола дида гьанже, гӏодове виччан гьес рицунел рукӏарал лъугьа-бахъинал ракӏалде щведал.\nТӏелекьа Мухӏамадица тӏармида кечӏги ахӏулаан. Дица, гьитӏинав чияс, дидаги малъе тӏамур бачинейилан гьарараб мехалъ, гьес абуна жиндаги лъицаниги малъун букӏинчӏилан.\nГӏалица гьел-дол, бергьарал, цӏар рагӏарал, къадал устарзабазул бицунеб мехалъ, Мухӏамадица гьел гӏад-хочӏ гьарун, гьезул гӏамалазул харбал рицунел рукӏана. Гьелдаса гьезул кӏудияб дагӏбаги кколеб букӏана.\nЖиндаса цӏакъав устар вукӏине рес гьечӏеб гӏадаб букӏунаан Мухӏамадил харбил бицен.\nГӏалица цо-кӏиго гамачӏги кӏармазда рекъезабун, чӏалудаса гъоркьеги рещтӏун, хъалиянги цӏалаго Мухӏамадида абулеб букӏана: «Гьеб гамачӏ батӏайиса лъунани», » гьеб бакӏалда рацӏцӏи къотӏани рекъараб букӏинаанха», — ян. Гьасул малъи гӏемерлъараб мехалда, гӏодоб речӏчӏун квартӏа-хъалахъгун, рикӏкӏадеги ун барщун чӏолаан Мухӏамад.\nЦинги Гӏалица гьесда: — Ле, гьудулав чи, Мухӏамад, дица дуда гъалай биччазеги, кечӏ ахӏизеги малъулеб гьечӏогури, дидаго лъалеб жо малъулеб буго, — янги абулаго, гьесулгун рекъел гьабулаан. Мухӏамадил цониги рекъон ккараб гамачӏ бугони, гьебги беццулаан Гӏалица. Веццараб мехалда Мухӏамадица хъващтӏан, хӏарщулгун хӏурул цӏурал квераз тӏамурги босун, вохуца холаго кечӏги ахӏулаан.\nЦойги Мухӏамад разиго вукӏунаан, жиндир къед Гӏалил кӏармазде данде ккун, хехго бан лъугӏулеб букӏиналдаса.\nГӏалица гьесда абулаан: «Мухӏамад, лъицаниги цӏехоларо, кигӏан заманалъ къед барабан, къадахъанасул цӏар цӏехола «.\nГӏалица гьарурал кӏамураби мисал хисичӏого къамартӏун руго жакъаги, амма Мухӏамадица ганчӏаздасаги хӏарщ гӏемер гьабун бараб къед, тӏад тӏох чӏвалелдего биххунги ун, цоги устарас базе ккана. Мухӏамадица чанго батӏияб куцалъ лъезе хӏал бихьарал, ахирги къелъ рекъечӏого чӏарбиде рехарал ганчӏазул гъонодаса босун Гӏалица гьел дагьалго рекӏкӏа-рессун кӏармазда лъолаан, добаго букӏараб гӏадин дурусги кколаан.\nМунагьал чурадал Гӏурухъ-Сотӏаса къадахъан Гӏалиги, Тӏелекьа Къебед Мухӏамадги ракӏалде щвезе гӏиллалъун ккана фейсбукалда магӏарулал данделъулел годекӏабахъ батараб дагӏба-къец. Хӏалбихьигун гьунар бугез гьениб гьабулеб буго пайдаяб малъа-хъвай, реццани — рохун, какани — барщун руго, жидер гьунар рагьизе байбихьарал поэталги."}
{"slug": "7176-nil-er-murad-rosabi-tsiil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7176-nil-er-murad-rosabi-tsiil-i", "title": "«Нилъер мурад — росаби цӏилъи»", "date": "2020-02-17 12:18:04", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Араб соналъул хӏасилазулги цӏияб соналде хӏисабалде босаралъулги хӏакъалъулъ бицунеб буго районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чӏвариялда.\n— Мухӏамад, тӏоцебесеб иргаялда, баркула 2018 соналъул хӏасилазда, мугӏрузул районазда гьоркьоб нилъее щвараб бергьенлъи, республикаялъул нухмалъиялъ районалъул хӏалтӏуе кьураб тӏадегӏанаб къимат. Бокьилаан байбихьудасаго гьелъул рахъалъ цо чанго рагӏи абуни.\n— Баркала. Гьеб буго киназего гӏаммаб бергьенлъи. Гьанибго абизе ккола 2017 соналдаги ккун букӏана нилъер районалъ тӏоцебесеб бакӏ ва 2016 соналдайин абуни кӏиабилеб бакӏалде рачӏун рукӏана. Къокъго абуни — гьеб ккола росабазул бегавулзабигун ва жамагӏатазулгун цадахъ рекъон гьабураб хӏалтӏул хӏасил.\n— Къватӏибе загьираб, халкъалъе пайдаяб гӏемераб хӏалтӏи гьабуна районалда 2019 соналда. Захӏмат букӏанищ гьел ишал рагӏалде рахъинаризе? Гӏамм гьабун босани, кинаблъун букӏараб районалъе араб сон?\n— Цереккунисел хӏасилазда рекъон, 2019 соналда гьарун руго 950 миллион гъурщиде гӏагарун хӏалтӏаби. Къачӏана Хӏебда хӏухьбахъиялъул парк, гьенибго гьабуна лъимал расандизе санагӏатаб майдан. Райцентралда хъил тӏуна цо къотӏнобе, росдал тӏасиял авалазде нухал ругеб лъабго кӏкӏал букӏана риидалги хасалоги цӏакъ санагӏат гьечӏого, гьел бетон тӏун къачӏана. Шамил имамасул цӏаралда бугеб къотӏнор цӏидасан хӏубалги чӏван чирахъал лъуна.\n«150 школа» программаялдаги гӏахьаллъун, Ругъелда, Тӏелекь ва Гӏурада школал къачӏана. Райбюджеталдаса гӏарацги кьун, къачӏана 5 школалъул кабинетал, «Точка роста» программаялъул тӏалабалда рекъон, гьениб оборудование лъуна. Гьединго ремонтал гьарун къачӏана 9 школа (Гьандихъ, Гъоркьа Бакълъухъ, Тӏогьохъ, Гъогъолъ, Тӏаса Бакълъухъ, Къваниб, Тӏидиб, Тӏелекь, Гьентӏа, Гӏуриб).\nРайоналъул киналго гьоркьохъел школазе хӏажатаб оборудованиеги босун, ремонталги гьарун, къачӏана медицинаялъул кабинетал. Цӏияб Гӏурада росулъ бан рагӏалде бахъунеб буго 320 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб школа. «Школьный автобус» программаялда рекъон, 2019 соналда районалъул школазе бачӏана 6 цӏияб автобус.\nЛъуна Тӏидиб ва Микьигьориб росабалъ цӏиял лъел мухъал. Микьигьориб-Гӏуриб лъел мухъ къачӏан лъугӏизабун бажаричӏо. Цӏекӏоб, Гӏурада ва Хӏотода къачӏана лъел мухъал. Генерал-полковник Мухӏамад Танкаевас 100 сон тӏубаялде бан рагӏалде бахъинабун хӏалтӏизе кьуна цӏияб музей.\nХъилги тӏун къачӏана 2 км Гьолокь-Тӏелекь, 3,5 км Хӏотода-Тӏидиб шагьранухал.\n— Басрияб соналъул хӏасилазда цадахъго хӏисабалде босула цӏияб соналъ гьабизесебги хӏалтӏи. Исана церечӏарал масъалаби, бищунго кӏвар кьезесел рахъал кинал ругел?\n— 2020 соналде руго гӏезегӏанго планал. Гьебго «150 школ» программаялда Гьоор, Гӏасаб ва Хӏотода школал къачӏай, Къахӏиб ва Могьохъ цӏиял школал рай, ракӏалда буго Нитӏаб, Датуна ва Дагъбаш школазда ремонтал гьаризе, Гьолокь ва Бакълъухъ росабалъ ясли-ахазда цӏиял группаби рагьизе. Жеги лъезе руго Хӏебдабе ва Гьентӏабе цӏиял лъадал мухъал. Хучада клуб къачӏай, Дагъбашалде кьо бай гӏадал хӏалтӏаби руго. Нухал къачӏазе руго Тӏелекь, Къахӏиб-Гьоор, Гӏуриб-Микьигьориб-Тӏогьохъ, Хучада-Цӏекӏоб-Лъануб росабалъе.\nКинабго гьабулебщиналъул мурад буго нилъер росаби цӏилъи, гӏадамазул рукӏа-рахъин, яшав лъикӏлъи, районалъул гьумер берцинлъи, магӏарухъ гӏумру гьабизе ракьцоязул гъира цӏикӏкӏин. Цоцахъги гӏенеккун, цадахъ лъугьун гьаруни, жеги чанги лъикӏал ишал рагӏалде рахъина нилъер. Аллагьас къуватги кьеги нилъее."}
{"slug": "7183-tsiiyal-tialabalgi-kherl-arab-magiishatgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7183-tsiiyal-tialabalgi-kherl-arab-magiishatgi", "title": "Цӏиял тӏалабалги «херлъараб» магӏишатги", "date": "2020-02-18 06:30:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "Минаби, хасго гӏемертӏалаял, рай расги бигьаяб хӏалтӏи гуро. Техникиялгун санитариял тӏалабалги цӏунун гьабизе кколеб хӏалтӏи гьеб бугелъул, гьениб гъалатӏ ккезе бегьуларин рикӏкӏуна махщелчагӏаз. ДРялъул Ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министерствоялъул «Госстройнадзор» управлениялъул бетӏерав специалист Гӏабдулварис Ибрагьимовасдаги гьеб иш цӏакъ лъикӏ лъала. Гьал къоязда гьесулгун тӏобитӏана нижеца гара-чӏвариги.\n— Гӏабдулварис, кина-кинал хӏалтӏаби тӏуразарулел нужер управлениялъ?\n— Мина базе изну кьола ракьалъул бетӏергьанас, ай муниципалиял гӏуцӏабазул идарабаз. Гьеб щун хадуб мина балев чи вачӏуна нижехъе, нижеца гьесул хӏалтӏуе кьола код, хӏадурула гьеб хӏалтӏи нухда бачиналъе документал ва гьелдаса нахъе бан лъугӏизегӏан мина букӏуна нижер халгьабиялда гъоркь. Гьеб бан лъугӏидал, проекталда рекъон бан бугищали хал гьабула. Кинабго хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго тӏубазабун батани, гьеб хӏалтӏизе биччаялъе изнуги кьола. Гьеб изнугун гьев уна шагьаралъул администрациялде ва гьениб гьесие кьола мина хӏалтӏизе биччаялъе документ.\n— Жидерго гӏарцухъ ралел минабазул тӏалаб гьабулищ нужеца?\n— Нижер хӏалтӏуе аслияб документ ккола «Градостроительный кодекс». Гьелда рекъон, нижехъе кколаро цо хъизамалъ гӏумру гьабулеб, лъабго тӏалаялде щвезегӏан бугеб мина. Гьелдаса тӏаде араб кинабго мина-карталъул тӏалаб нижеца гьабула, лъил гӏарцухъ гьеб бан батаниги.\n— Нужехъ букӏунищ божизе бегьулел минаби ралезул (застройщиказул) сияхӏ?\n— Букӏуна, гьел руго нижер сайталдаги, баян гьарула гьикъун рачӏаразеги. Нижехъ рукӏуна тӏолабго Дагъистаналдаго ралел бакӏазул мухӏканал баянал. Гьединлъидал нижеда абизе кӏола гьав застройщикасул рукъ босизе бегьулин,цогидасулаб босичӏого тейин абун.\n— Гъоркьиса Дагъистаналда рарал гӏемертӏалаял минабазул гӏаммаб гӏатӏилъи кигӏанасеб букӏараб?\n— Гъоркьиса рарал гӏемертӏалаял минабазда гьоркьоб цониги гьечӏо пачалихъалъул гӏарцухъ бараб (бюджеталъул харжалда рана гӏумру гьабизе хӏинкъи бугел минабахъа гочинарурал гӏадамазе минаби). Гьабсагӏаталда Каспийск шагьаралда байбихьун буго аскариязе гьединал минаби разе (бюджеталъул гӏарцудалъун), амма гьезул тӏалаб нижеца гьабизе кколаро. Ралел минабазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. Мисалалъе, 2018 соналда нижер халгьабиялда гъоркь букӏана 850 объект, гъоркьиса — 700, исана гьеб жеги дагьлъилин ккола. Гьелъие аслияб гӏиллаги ккола законалда гьарурал хиса-басиял. Цебе щивав застройщикасул букӏана жиндирго счет, гьенибе бакӏарулаан гӏарац ва гьелда рекъон гьес балаан мина, кьолаан гьелъул жаваб. 2019 соналдаса нахъе гьезухъ гьечӏо гьединаб ихтияр, кинабго хӏалтӏи гьабизе ккола банкалдасан, гьелда рекъон хиралъана хӏалтӏи ва гӏемерал гӏадамаз рехун тана гьеб иш.\n— Социалияб объект гъоркьиса чан бараб? Цересел соназда дандеккун кинаб къадар гьеб кколеб?\n— Бана 160 гьединаб объект. Гьединал объектазул къадар цӏикӏкӏунебги буго. Гьелъие гӏиллаги ккола гьел пачалихъалъул гӏарцудалъун (10-15 процент республикаялъул бюджеталдасан, хутӏараб — федералияб бюджеталдасан) ралел рукӏин.\n— ЖКХялъул буго гӏадамазул гӏарзал камулареб хӏалтӏи. Кинаб къимат дуца кьолеб гьабсагӏаталда гьеб хъулухъалда бугеб ахӏвал-хӏалалъе?\n— ЖКХялъул хӏалтӏуда гьоркьоре унел лъел рогӏразул, токалъул подстанциязул, канализациялъул, нухазул 80 процент буго басралъараб, капиталияб къагӏидаялда хисизе, къачӏазе ккараб хӏалалда.\nРалел руго цӏиял минабиги, «херлъулеб» буго ЖКХялъул магӏишатги. Гьелъул цо-цо бутӏаби руго бетӏергьабазда кодорги. Гьеб кинабго низамалде бачине ккани, хӏажалъизе буго гӏемераб гӏарац. Гьелъие къваригӏуна хасаб программаги. Гьеб рахъалъ Дербенталда гьабулеб бугебго гӏадаб хӏалтӏи гьабизе ккола Махӏачхъалаялдаги.\n— Ахирал соназда Махӏачхъалаялда гӏемертӏалаял минаби раялъулъ гьечӏо низам, нагагьлъун тӏабигӏияб балагь ккани, гьезул гӏемерисел риххун иналдацин хӏинкъи буго…\n— Минабиги цогидал бакӏалги разе изну кьола ракьул бетӏергьанас, ай шагьаралъул администрациялъ. Щай гьединаб ахӏвал-хӏал лъугьарабин абураб суалалъе жаваб буго цо – гьеб ккола ришватчилъиялъул хӏасил. Гьезул бугеб ахӏвал-хӏал, гӏумру гьабизе бугеб (ялъуни гьечӏеб) хӏинкъи загьир гьаби мурадалда нижеца гьабун буго щуго тӏалаялдаса тӏаде араб мина-карталъул гӏатӏидаб сияхӏ (тӏолабго республикаялда буго 410 мина, гьезда гьоркьоса Махӏачхъалаялда — 354).\nГьезул халгьабизе гӏуцӏун буго хасаб комиссия, гьеб хӏалтӏи тӏубазабизе федералияб бюджеталдасан биччан буго 210 млн гъурущ (гьелдаса цо процент буго республикаялъул бюджеталъулги). Халгьаби лъугӏидал (октябрь моцӏ), къотӏизе буго щибаб объекталда бан хӏукмуги.\n— Гӏемер бицуна законалъул тӏалабал тӏурачӏого рарал минаби судалъул хӏукмуялдалъун риххизе рукӏиналъул. Бугищ гьединаб план, гьеб гӏумруялде бахъинабизе ресго?\n— Цебе лъураб мурад бугони, тӏубазабун бажарула. Кӏиабизе, баялдаса захӏматаб масъала буго биххи. Гьединал ва цогидал гӏиллабаздалъун гьабсагӏаталда гьединаб план гьечӏо. Гьеб буго нижги цогидал идарабиги цадахъ рекъон тӏад хӏалтӏи гьабулеб бугеб кӏудияб масъала."}
{"slug": "7184-ditsagi-l-ilnigi-giumru-khvasar-gabilaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7184-ditsagi-l-ilnigi-giumru-khvasar-gabilaan", "title": "Дицаги лъилниги гӏумру хвасар гьабилаан…", "date": "2020-02-18 06:35:49", "categories": ["history"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда социалиял гьиназда тӏибитӏун букӏана инсан хварабго гьесул лугбал цогидав унтарав чиясе (реципиентасе) лъезе изну кьолин абун анкетаялда гъулбасине тӏамулел ругин поликлиникаялдаян бицунеб видео-хитӏаб. Хадубго ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасги лъазабуна республикаялъул поликлиникабазда гьединал анкетабиги гьечӏин, гьел харбалги гьересиял ругин.\nГьединалго лъазабиял гьаруна Чачан ва Ингушетия республикабаздаги. Гьелъул хӏакъалъулъ бицун букӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги. Нижеца бахъараб гьеб макъалаги цӏалун, цогидав чиясул гӏумру хвасарлъиялъе гӏоло жий хвараб мехалда лугбал трансплантациялъе кьеян васият гьабизе исламалъ изну кьолищан цӏехон, редакциялде кӏалъан ячӏана кӏудияб ригьалъул магӏарулай. Хвараб мехалдагӏаги жинцаги лъил букӏаниги гӏумру хвасар гьабилаанин абулеб буго гьелъ. Исламалда донорлъиялде щиб абулебали лъазелъун нижеца цӏех-рех гьабуна ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалда.\nИнсанасул лугбал цогидазда\nлъезе ихтияр бугищ?\nГьеб суалалъе жаваблъун муфтияталъ босулеб буго Мухӏаммад Атыйа Ас-Сакра абурав гьанжесеб заманалъул исламияв гӏалимчиясул фатва.\n«Гьеб суалалъулъ исламияб юриспруденциялъул ва законал рахъулезул пикраби батӏи-батӏиял ратана, ва гьез рачарал хӏужабиги фикъгьиялъул тӏахьазда хъварабги мисалалъе босун, нижеца хӏукму гьабуна: хварав чиясул лугбал рахъун, цогидав чиясе кьезе бегьула, гьев чияс жиндирго лугбал цогидал унтарал гӏадамазе кьезе васият гьабун букӏун батани. Чӏагояв чиясулги лугбал цогидав чиясе кьезе бегьула, гьев чиясул изну батани ва гьесул сахлъиялъе зарал кколеб гьечӏони. Хварав яги чӏагояв чиясул лугбал цогидав чиясда лъей исламалъ гьукъараб ва хӏарамаб гьечӏо, хварав чиясул черх инжит гьабиги кколаро гьеб, щайгурелъул чӏагояв чиясе гьелдаса цӏикӏкӏараб пайда бугелъул.\nНагагь хвелалде цебе жиндир лугбал рахъизе васият гьечӏони яги жиндир лугбал рахъугеян абун цебеккунго гьес абунги бугони (изну гьечӏони), гьеб мехалдаги цӏехезе бегьула хварасул ирсилазда. Ирсилал разилъани, хварасул лугбал цогидав унтарасда лъезе бегьулин абулелги руго гӏалимзаби. Диналдаги чӏагояв чиясул рухӏ хвасар гьаби кӏвар цӏикӏкӏараблъун рикӏкӏуна.\nЧӏагояв чиясул лугбал рахъизе бегьуларо, гьел рахъиялдалъун гьесул сахлъиялъе яги гӏумруялъе хӏинкъи бугони. Чӏагояв чиясул сахлъиялъе зарал кколеб гьечӏониги яги гьелдалъун гьев чи холев гьечӏонигицин, гьесул изну гьечӏого, гьевги махсараде ккун, гьесул би, гӏус, цояб ургьисала бахъизе хӏарамаб буго. Изну гьечӏого чӏагояв чиясул лугбал рахъарав чиясе бихьизабураб тамихӏги букӏине ккола, гьев чи лъукъараб ва гьесул сахлъиялъе зарал гьабурасе гӏадаб.\nЧӏагояв донорас изнуги кьун, гьесул лугбал (органы, ткани) рахъи ва трансплантациялъе хӏалтӏизари цо-цо гӏалимзабаз хӏарамаблъун рикӏкӏунеб буго, гьелъие далиллъунги рикӏкӏунеб буго инсанасул чорхол адаб цӏуни ва чӏагояв чиясул чорходаса батӏалъараб лага ракьулъ букъизе кколеб букӏин.\nИнсанасул гӏумру хвасарлъиялъе гӏоло чорхол лага гьесие кьезе бегьулин абулел гӏалимзабазда нахърилълъунел ругони, бачӏунеб буго цоги суалги: «Чӏагояв чияс цогидав унтарав чиясе жиндирго лугбал кьуни, гьелъухъ гӏарац босизе бегьулищ?» — абун. Цо-цо гӏалимзабаз гьеб гьукъараблъун рикӏкӏунеб буго, гьелъие далиллъунги бачунеб буго — эркенав чи тӏуванго яги бутӏаккун вичи хӏарамаб букӏин.\nЦогидал гӏалимзабазул къокъаялъ рикӏкӏунеб буго: чӏагояв чияс цогидасе кьураб жиндирго чорхол лагаялъухъ (орган, ткани) сайгъат яги боцӏи-бечелъи босизе бегьулин. Гьеб данде кколеб буго чияр лъимер каранзул рахь кьун хьихьаралъухъ гӏарац босиялда».\nТрансплантациялъул закон\nХун хадуб донараллъун лъугьине гьукъулеб гьечӏолъи бихьулеб буго гӏемерисел гӏалимзабаз чӏагояв чиясул гӏумру хвасар гьаби кӏвар бугеблъун рикӏкӏунеб букӏиналъ ва трансплантация хварасул черх инжит гьабилъун рикӏкӏунеб гьечӏолъиялъ. Амма тӏадехун рехсараб фатваялда мухӏкан гьабун гьечӏо кида ва кинаб лага цогидав чи хвасар гьавиялъе гӏоло хварав чиясдаса бахъизе бегьулебали.\nХварав чиясул гӏемерисел лугбал хӏалтӏизарула трансплантологиялда цогидав чиясул гӏумру хвасар гьабизелъун. Бокьарав чи донорлъун лъугьине рес бугищ? Россиялда трансплантация гьабиялъе кинал ресал ругел? Цӏа ккаралъуса гурони, кӏкӏуйги бахъунарин абулелъул, социалиял гьиназда ахираб заманалда трансплантациялъул бициналъе кинаб гӏилла бугебали цӏех-рех гьабуна нижеца.\n2019 соналъул декабрь моцӏалъул ахиралда халкъалъул пикру лъазе Интернеталда лъун буго доноразул, донорлъиялъул лугбазул ва реципиентазул цогояб регистр гӏуцӏиялъул законопроект. Гьеб ккола цебехун букӏараб законалде цӏиял тӏадежураял ва хиса-басиял гьарураб законопроект. Гьелда сверухъ гӏемерисел гӏадамазул разилъи гьечӏолъиги бихьулеб буго. Рехсараб законопроект къабул гьабуни, гьеб хӏалтӏизе рагӏула 2021 соналдаса нахъе.\nХалкъалда гьоркьоб гӏемерисезда лъалеб батуларо, нилъеца киналгӏаги анкетаби цӏечӏониги, федералияб законалда рекъон, донорлъиялъе данде кколев чиясул лугбал рахъизе тохтурзабазул ихтияр букӏин. Россиялда 1992 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб законалда рекъон, 18 сон тӏубаралдаса нахъе чияс живго хун хадуса донорлъиялдаса инкар гьабураб справка хъван гьечӏони (нотариусас тасдикъ гьабураб) гьев донорлъиялда разиявлъун рикӏкӏуна. Гьединго больницаялде ккарав чиясул гӏагарлъиялъ, гьесул лугбал рахъугеян, тохтурзабазда цебеккунго лъазабун гьечӏони, гьездагицин гьикъичӏого хварав чиясул лугбал рахъизе бегьулеб буго. Хал гьабизе бегьула: «Закон РФ от 22 декабря 1992 г. N 4180-I «О трансплантации органов и (или) тканей человека».\nРуцӏцӏун чӏей — разилъи\nЗаконалда рекъон, нилъ руцӏцӏун чӏей, ай хварас цебеккунго ва хадуб гьесул ирсилаз тохтурзабазда донорлъиялъе инкар букӏин лъазабичӏони, гьеб рикӏкӏуна лугбал рахъизе нилъ рази рукӏинлъун (презумпция согласия). Гьединабго къагӏида хӏалтӏизабулеб буго Франциялда, Бельгиялда, Финляндиялда, ва цогидал пачалихъазда. Инсанас живго хвелалде цебе донорлъиялъе изну кьун яги гӏагарлъиялда изну цӏехон гурони (презумпция несогласия) хварав чиясул лугбал трансплантациялъе хӏалтӏизаризе бегьуларо СШАялда, Австралиялда, Великобританиялда ва цогидал пачалихъазда.\nГьеб закон гӏуцӏаралдаса 30-гӏанасеб сон аниги, гӏемерисезда гьелъул хӏакъалъулъ лъалебго батуларо. Гьелъие гӏиллалъунги рикӏкӏунеб буго нилъер улкаялъул медицинаялда трансплантологиялъул рахъ цебетӏураб гьечӏолъи.\nХварабго донораллъун бокьарав чи лъугьунаро. Донорги вукӏине ккола сахав, киналгӏаги унтаби гьечӏев. Аслияб къагӏидаялъ донораллъун лъугьине бегьула тохлъукьего, авариялда ва цогидал балагьаздалъун хварал гӏадамал. Масала, ракӏалъул трансплантация гьабула гӏадалнахги хун, искусственнияб аппараталда гъоркь жеги хӏухьел цӏалеб бугони ва ракӏ кьабулеб бугони. Гӏадалнах хун тӏоцебесеб лъабго сагӏаталда жаниб трансплантациялъе гӏамал гьабичӏони, заман анагӏан жанисел лугбалги хвезе байбихьулеб буго. Руго инсанасул ракӏ чӏун хадуса трансплантациялъе росулел лугбалги. Медицинаялъул хӏалтӏухъабаз гӏадалнах хвеялдалъун инсан хваравлъун рикӏкӏунев вуго, искусственнияб аппараталъул кумекалдалъун сордо-къоялъ яги анкьица хӏухьел цӏалеб бугонигицин.\nИсламалда рекъон, кидаха инсан хваравлъун рикӏкӏунев? Гьеб суалалъе жаваб кьуна магӏарул мацӏалда къватӏибе биччалеб «Ас-салам» газеталъул редактор Гӏабдулагь-хӏажи Мухӏамадовас:\n«Исламалда рекъон инсан хваравлъун рикӏкӏуна гьесул ракӏ чӏараб ва къаркъала цӏорораб мехалда», — ян."}
{"slug": "7185-gurkhiel-tsiikikiaraj-zagra", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7185-gurkhiel-tsiikikiaraj-zagra", "title": "Гурхӏел цӏикӏкӏарай Загьра", "date": "2020-02-18 07:14:12", "categories": ["pismo"], "text": "Дие бокьун буго цо гӏажаибго берцинаб гӏамалалъул гӏаданалъул хӏааzкъалъулъ бицине.\nХъарпузал ричизе Махӏачхъалаялда бугеб «Гӏакаро» кафеялда нахъа ругел минабазул азбаралъуе щун йикӏана дун. Щибаб къойил дица хал кколаан цо гӏаданалда хадуб. Радалги, къалъудаги, маркӏачӏудаги, гъежда гьитӏинал ведрабиги ран, дида аскӏоб чӏезабун бугеб машинаялда гъоркь лъурал гьитӏинал-кӏудиял хӏарччазда жанибе квенги бан, кутул кваназе ахӏулаан гьелъ.\nЛъабкъоялда анцӏилъаги гӏумрудул сонал арай гьей жеги хӏалтӏулейги йиго. Хъарпуз босизе ячӏараб мехалда лъай-хъвай ккун букӏана гьелъулгун дир. Жиндир пенсия гьел кутузе квен босун лъугӏулилан йикӏана гьей. Хӏалтӏун щвараб гӏарац кваниеги унила. Гьелъ кутузе босулеб бугоан рахь, кутузул хасаб квен, хъурараб гьан.\nЦо гӏажаибго рекӏелъ йосулей, гӏамал лъикӏай, гӏадамал хирияй гӏадан йигоан гьей — Хунзахъ районалдаса Загьра Гӏалиева. Жиндаго релълъараб гӏамалалъул лъималги, лъималазул лъималги ругоан гьелъул. Гьелъ хьихьарал кутузда гъорлъа цо кету унтун букӏана, кванараб жойищ рекъечӏебали. Гьелда хадуй ракӏунтун гӏодулей Загьра гӏодой йиччазайизе, гьелъул рос Саху уколал гьаризе кетугун цадахъ анкьица хьвадана ветеринарияв тохтурасухъе. Зама-заманалдасан дицаги гьикъулаан гьелда катил хӏал кин бугебилан. «Вай, гьакъир, жакъаго-жакъа цо дагьабго лъим гьекъанаха», — ян угьун жаваб кьолаан Загьраца.\nКигӏан гьелъ хъулухъ гьабуниги, кету хвана. Гьеб мехалда Загьраца тӏолеб букӏараб магӏу цебеса унаро.\nКиналго кутузда лъурал цӏаралги рукӏана гьелъул. Гьезул цоябгӏаги гьоркьоса камуни, тӏубараб авал-къоноги сверун ралагьула гьелъ гьел. Рокъореги рачун, чвердезеги гьарулаан.\nКутузда хадуб гуребги, гӏадамазда хадубги букӏуна Загьрал ракӏунти. Масала, хъарпуз бичулеб мехалда дихъе гӏемер щолаан гьей как базе, кваназе жиндихъе йилълъайилан. Дица инкар гьабуни, квенги босун тӏаде щолаан.\nГьадинаб, гӏадамасул къимат хвараб, хӏатта цо хъизамалъул чагӏигицин цоцаздаса рикӏкӏалъараб заманалда гӏадамазда гӏарцул гурони мацӏ лъалеб гьечӏо. Бечедасда мискинавги, рекӏарасда лъелавги вихьуларо, бикъунги бахъунги гӏарац гьабулел рукӏун гурони. Гьаб хабар бициналъул магӏнаги буго нилъер гӏадамал цодагьал кантӏизари.\nЗагьраги Сахуги данделъун 50 сон рагӏула. Аллагьас жеги 50 соналъги цадахъ таги гьел инсанасеги рухӏчӏаголъиялъеги хъулухъ гьабизе.\nГьезул азбаралда гӏумру гьабун ругел Болъихъ, Гӏахьвахъ, Цӏумада районалъул гӏадамазеги баркала. Гьенире ракӏарун руго иманги, яхӏги, намусги, исламалъул нухдаса хьвадулел гӏадамал."}
{"slug": "7186-tsoyal-giarats-giaratsin-tsoyal-rakgo-rakilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7186-tsoyal-giarats-giaratsin-tsoyal-rakgo-rakilan", "title": "Цоял гӏарац гӏарацин, цоял ракьго ракьилан", "date": "2020-02-18 07:19:14", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гӏияхъаби рази гьарулареб пачалихъалъул грантги, багьа цӏакъго гӏодобе ккараб гӏиял квасги, гӏиязе гӏолареб «Чед» КФХялъул мучӏдулги.\nРеспубликаялда бугеб гӏиял къадар цӏикӏкӏинабизелъун 5,8 млрд. гъурущ биччазе буго хӏукуматалъ. Гӏи-цӏцӏаназул бетӏер 4,5 миллионалдаса 6 миллионалде бахинабизе ракӏалда буго.\nГьединго гьеб гӏарцул кумекалдалъун гӏиязе цӏиял бокьалгун ручнал разеги хӏисабалде босун буго. Гӏияхъабазе цогидалги санагӏалъаби чӏезаризе бугин хъвалеб буго гьеб баяналда. Гьабсагӏаталда гьал мухъал цӏаларал гӏияхъаби рохун ратизеги бегьулин ракӏалде ккезе бегьула. Амма гьезухъ жидехъго гӏенеккараб мехалда гьел гьедигӏанго рази гьечӏо.\nХунзахъ районалъул Байикь росулъа Мухӏудада Сагӏидовасул буго гьевго гӏадал щуго гӏияхъанасдасан гӏуцӏараб фермеразул магӏишат. Щуазаргогӏанасеб гӏиял бетӏер буго жакъа гьесул бетӏергьанлъиялда. Гӏи хьихьизе ва гьезие хъулухъ гьабун рукӏине бокьарал гӏолохъаби гӏемер ругин жакъа, амма гьезда квер чӏвазе хӏажат бугин хӏукуматалъилан бицана гӏияхъанас.\n— Фермерасе пачалихъалъул рахъалдаса кьолел грантазда хадув лъугьун вукӏана дун. Амма тӏубанго ракӏбуссинабуна гьез цере лъолел шартӏал рихьидал. Мисалалъе, 10 миллион гъурущ грант щвезе ккани, цин дирго букӏине кколеб рагӏула ункъо миллион гъурущ. Ункъо миллион кисиниб букӏарабани, дун гьезухъе грант босизейищ вачӏине вукӏарав? Цин цебе дахӏаги ккун, лъимер махсараде ккураб гӏадаб жо щай гьабулеб хӏукуматалъ? Гӏи цӏикӏкӏинабизе бокьунги, гьелъ кьолеб нигӏматги хӏажат батани, гьабеха нижее кумек, гӏадан-чи хадув гъоларел хӏаял гьаричӏого, — ян абулеб буго Мухӏудадаца.\nГьединго фермер рази гьечӏо жакъа гӏиядаса къунцӏараб квасухъ щолеб багьаялдасаги.\n— Цебе советияб пачалихъ бугеб заманалда квасул къимат букӏана. Гьелъул цо килоялъухъ щолаан саламатаб гӏарац. Жакъа 7 гъурщиде ккун буго квасул кило. Гӏодоб бан турулеб буго квасги, гьединго хъураб чахъдадаса бахъараб цӏоко-тӏехьги, — ян бицана гьес.\nХъутаналде-нахъе гӏи-боцӏи гочинабулагоги дагьаб къварилъи бихьуларин жидедаян бицана фермерас хадубги.\n— Гӏи гочинабулел къоял тӏаде щолаго бакӏаб ургъел чӏвала дида. Цере сордо базе гӏи рещтӏунеб бакӏалда киналго бигьалъаби чӏезарун рукӏунаан, гӏи жанибе буссинабизе бакӏги, гӏияхъабаз сордо тӏамизе минабиги ва гьел гурелги санагӏалъаби рукӏана. Жакъа гьел шартӏазул цонигияб хутӏун гьечӏо. Балеб гӏазукьги пулеб гьорокьги рогьине кколеб буго вехьас сордо. Гьебни цо ургъелин телаан. Нухда чан къварилъи дандчӏвалеб? Машинаялъ чӏван гӏиял анцӏгониги бетӏер тӏаса камураб мехги букӏуна.\nГӏи цӏикӏкӏинабизе гӏарац биччаялда дандечӏарав чи дун гуро. Амма 6 миллион бетӏер гӏезабилелде, цин гьабсагӏаталда ругезе санагӏатал шартӏал чӏезаруни бокьилаан. Гӏиял бетӏер цӏикӏкӏинабизе нижедаги кӏола, пачалихъалъ квер чӏвалеб бугони, — ян абуна Мухӏудада Сагӏидовас.\nМухӏудадаца гьанир бицен гьабулел ругел, гӏи гочинабулаго нухда дандчӏвалел захӏмалъаби раккиялъе аслияб гӏиллалъун кколеб буго, гьанже гьел нухал гӏадамазул хасаб бетӏергьанлъиялда рукӏин.\n1992 соналда гӏуцӏараб магӏишат буго Гумбет районалъул Цӏиликьа чагӏазул. Гьезул «Чед» КФХялъухъа Белорусиялъ гӏиял росизе ругилан хъван букӏана нижеца газеталъул цересел номеразда.\nЖакъа къоялда гьезул буго 2700-гӏанасеб гӏи. Гьезул къадар 6000-ялде бахинабизе бокьун бугин бицана гьеб магӏишаталъул хӏаракатчи Чумаев Гӏисаца. Амма гьезул унтараб суаллъун хутӏун буго эркенго гӏи кваназе бегьулеб даражаялъул ракь гьечӏолъи.\n— Гумбет районалда бищун рикӏкӏадегӏан бугеб росу буго нижер, мегӏерги кӏудияб гьечӏо. Гӏи-боцӏи кваназе гӏураб мегӏерги гьечӏо. Советияб заманалда чачаназул магӏардаса пайда босулаан нижеца, гьезулгун къотӏи-къайги гьабун. Хӏукумат биххун хадуб, риххана гьезулгун гьоркьорлъабиги, доба гӏала-гъважаги цӏикӏкӏана, жидерго магӏарда нижеца гӏи кваназабизе гьезиеги бокьичӏо.\nГӏи цӏикӏкӏинабизе бокьун батани, гьел кваназе мегӏерги щай чӏезабулареб хӏукуматалъ? Жакъа гӏемерисеб ракь буго пачалихъалъул фондалъул къайимлъиялда. Гьадин хъвартӏелел нижги тун, къан ккун ракьги чӏун лъикӏищ бугеб, щай гӏияхъабахъе кьолареб гьезие гӏураб къадаралда мегӏерги хъутаналда авлахъги. Гӏи кваназе мукъсанаб ракь букӏиналъ малъкъосун хутӏун руго нижги, нижго гӏадал цогидал гӏухьбиги, — ян бицана хадубги Нажмудин Гӏисаевас.\n— Гьеб хӏалалда гӏи кваназабизе мегӏер гьечӏого хутӏизе ккани, щиб гӏилла гьениб бугеб?\n— Гӏи гӏезабизе бокьун буго жакъа магӏарухъ ругел гӏадамазе. Хӏукуматалдаса хӏалтӏиги щолеб гьечӏеб мехалъ, киназего гуро бокьун бугеб гъурущ балагьизе Россиялъул шагьаразде хӏалтӏизе ине. Боцӏудаса бугеб хайирги бихьун, магӏишат гьабизе журан руго гӏадамал. Хъутабазда гӏезабуралдаса, магӏарухъ хьихьараб гӏиял гьан бокьулеб буго халкъалъе. Амма гӏи кьаралъизе гӏураб къадаралда хер бижулел мучӏдул гьечӏо нижер.\nГьеб суалгун районалда бугеб МФЦялдаса кагъат битӏун букӏана дица Мал-мулкалъул министерствоялде. Цин гьел ракьазул экспертиза гьабизе кколин жаваб бачӏана гьез. Экспертизаги гьабе, суратги бахъе, нижехъеги рачӏа, гьабизе кколеб хӏалтӏи гьезги гьабе, амма нижее ракь кье гӏи кваназабизе. Гьезул гӏарацги дие къваригӏун гьечӏо. Бищун хӏажатаб жо буго эркенго мугӏрузда кваналеб гӏиги тӏилидеги вегун разиго гьезухъ валагьун дунги. Гӏи гӏорцӏулеб куцалъухъ валагьун дунго гӏорцӏун вугев гӏадин вукӏуна, — илан мукӏурлъана гӏияхъан.\nP.S. Гара-чӏвари лъугӏун хадубги телефоналдасан чанго нухалда кӏалъан вачӏана жиндие ракь щвезе кумек гьабеян. Хӏакимзабазда жиндир унти бичӏчӏуларин, дуцаниги чӏаголъи гьабе гьелъиеян абуна гьес ракӏ унтун. Фермерасул ракӏчӏун буго гьаб макъалаги цӏалун, республикаялъул нухмалъиялдаса байбихьун киналго хӏакимзабаз, жиндир унтиги бичӏчӏун, мурад тӏубалилан. Битӏараб бицани, гьесие щиб жаваб кьелебали лъаларого хутӏана дунги.\nРакӏалде ккола Гумбет районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъ Н. Гӏисаевас борхараб суалалъе жаваб кьелилан."}
{"slug": "7187-vladimir-vasilevas-sogigo-l-azabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7187-vladimir-vasilevas-sogigo-l-azabuna", "title": "Владимир Васильевас согӏго лъазабуна", "date": "2020-02-18 08:27:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 февралалда ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас данде гьарун рукӏана республикаялъул бакӏалъул нухмалъулел.\nГьезда тӏадаб бищунго аслияб суал халкъалъул гӏумру лъикӏлъизаби кколин абулаго, Васильевас гӏезегӏан интересал лъазабиялги гьаруна. Масала, гӏадатиял гӏадамазе асар гьабун бугоан хъулухъаздаса махӏрум гьаризе цо-цо нухмалъулезе цӏарал къоял хутӏун ругилан Владимир Васильевас гьабураб лъазаби. Гьедин щибаб районалдаса гӏадамаз жиде-жидер муниципалиял гӏуцӏабазул бутӏрузда хурхун версиял ургъулел руго.\nБитӏун гьеб данделъиялда цебесеб къоялъ сардилъ шагьранухги къан чӏун рукӏана Гъаякент мухъалъул гӏадамал. Гьезул ццим бахъун бугоан теплицабазул бетӏергьабаз газги бикъун, гӏадамазе гьеб дагьлъулеб букӏиналда.\nЦинги жидеца газ цебе гӏадин цӏикӏкӏун хӏалтӏизабиларин бизнесменазги абун, хӏажалъи ккани, жидецаги рогӏрахъе газ цӏикӏкӏун биччалилан рагӏи Трансгазалъги кьун хадуб хӏалалъ гӏодоре руссинарун ругоан гӏадамал.\nГьединлъидал Владимир Васильевасги гьеб хӏужаялде кӏвар кьечӏого течӏо.\nРайоналда теплицаби ралеб мехалда бакӏалъул нухмалъиялда лъачӏого букӏунаринги абуна гьес.\n«Росдал цо-цо чагӏаз бизнес гьабулеб буго, цогидал абуни рогӏразда авариял ккун, квачан холел руго, цинги разилъи гьечӏолъи загьир гьабулел руго. Амма гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезарулел чагӏазе гӏорхъи чӏвазе лъугьани, нилъ церетӏезе гьечӏо. Гьеб суалалъулъ ращалъи лъица чӏезабизе бугеб?\nНужеца гӏумру гьабулел бакӏал бечелъизе къваригӏун руго нужее, амма цӏорон холеб бакӏалде лъималги херал чагӏиги ккезаризе бегьулищ? Гьелъул жаваб нилъеца кьола: дицаги нужецаги.\nЦо бакӏалдаги гурелги кколел руго гьединал хӏужаби, гьедин букӏине бегьуларо», ян кӏалъана В. Васильев.\nХадуб ДРялъул бетӏерас тӏаде жубана жинда божун тарал гӏадамазул тӏалабал тӏуразелъун республикаялъул идарабазул кӏалтӏаса рахъунарел, унго-унголъунги халкъалда ракӏунтарал нухмалъулел къанагӏат гурони гьечӏилан.\nМуниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏерасда лъазе кколила районалда, шагьаралда ругел масъалабазул щибаб (газалъул батаниги, токалъул, лъим бацӏцӏад гьарулел бакӏазул батаниги суалазул хӏакъалъулъ).\nГьединго В. Васильевас абуна гъоркьиса республикаялда кӏванин кьоял разе 90 миллион гъурущ батизе. Гьеб кӏун буго магъалаби ракӏариялъул къадар цӏикӏкӏинабиялдалъун.\n«Гьеб гуребги жеги 9 кьоялъеги гӏарац батизеги кӏвана нижеда. Амма хӏажат буго жеги 100 кьо. Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ (КЭМЗ) 6 миллионалде хӏадурун буго 36 метр халалъи бугеб маххул кьо. Гьединго мугӏрузул мухъаздаги бегьула гьединал кьоял хӏадурулел цехал рагьизе. Гьелдалъун гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏги щвелаан букӏараб.\nБаркала магъало бакӏарарал гӏадамазе. Гьелдаса пайда бугебги, къиматабги хӏалтӏи гьечӏо», — ян абуна Васильевас\nАраб соналда республикаялда транспорталъул бутӏаялдаса бакӏарараб магъалодухъ щвараб 771 млн. гъурущ биччанин муниципалиял нухал къачӏаялъегиян бицана республикаялъул нухмалъулес. Амма исана ракӏалда бугин гьеб магъалодул 1,2 млрд. гъурущ бакӏаризе.\n«Транспорт сабаблъун гӏемерав чиясе къварилъи кколеб буго, гьелдаса щивниги ворчӏуларо. Жиндир заманалда транспорталъухъ магъало кьезе ккола нужецаги нужер хӏалтӏухъабазги. Магъало кьолеб гьечӏони, хӏалтӏудаса рахъизе руго», — ян лъазабуна Васильевас.\nГьебго жавабчилъи тӏад бугин республикаялъул нухмалъулесулги хӏукуматалъулги администрациялдаян бичӏчӏизабуна бетӏерас.\n«Заман ингун нилъер гьанир рукӏине руго хӏинкъи гьечӏого хьвадизе бегьулел узданал нухал», — илан ракӏчӏун абуна Васильевас."}
{"slug": "7188-grantalda-tiasan-11-azargo-pikru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7188-grantalda-tiasan-11-azargo-pikru", "title": "Гранталда тӏасан 11 азарго пикру", "date": "2020-02-18 08:45:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 февралалда «Дагестан» РИАялда журналисталгун дандчӏвана республикаялъул экономикаялъул ва территориалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Хӏажи Султанов.\nАгентствоялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас баян гьабуна гьеб бугин «Открытая власть» абураб проекталъул мурадалда тӏобитӏулеб пресс-конференция. Султановго гӏадин, зама-заманалда цогидал министралги ахӏизе ругин гьенире бокьараб суалалъе жавабал кьезе.\nБайбихьуда Хӏажи Султановас къокъго бицана гъоркьиса республикаялъул экономикияб бутӏаялда ккарал хиса-басиязул, хӏисабалде росарал хӏалтӏабазул.\nГьедин, лъалаго цӏикӏкӏун буго бакӏарулеб магъало, ралел минаби, лъикӏлъун буго гӏадамазул рукӏа-рахъин.\nФедералияб программаялъул кумекалдалъун республикаялда ралел руго цӏорол кӏкӏор ва полиэтилен гьабулел заводалги. Лъагӏалил ахиралдехун хӏалтӏизе риччазе руго гьел.\nМахӏачхъалаялъул аэропорталъул рахъалдехун балеб буго жеги кӏигоги завод. Спирт гъорлъ гьечӏел гьекъолел жалги гьанал нигӏматалги хӏадурулел заводал ккола гьел.\nЧамалиго соналъ чӏобого хутӏун бугеб «Дагдизель» заводалъул ракьалда индустриалияб паркги гӏуцӏулеб буго.\nХадуб министр Хӏ. Султановас жавабал кьуна журналистазул суалазеги.\nСоветияб заманалдасаго машгьураб «Дагдизель» гӏадал заводазул кинал ресалин ругел республикаялъул экономика цебетӏезабиялъулъ гӏахьаллъиялъеян гьикъана гьесда «Дагестан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас.\nХӏажи Султановас бицана, тӏоцебесеб иргаялда, жидее хӏажат бугила хутӏаралниги хӏалтӏухъаби цӏунун хутӏизе. Республикаялъул хӏукуматалъги улкаялъул тӏалъиялде хитӏабал гьарун ругила жидее заказал кьеян.\nГьелда цадахъго рагъулал яги электронниял алатал къватӏире риччалел рукӏарал заводаздагицин гьанже гражданияб къайиги биччазехъин рагӏула. Гьедин, масала, КЭМЗалъ кьоял гьаризецин байбихьун буго. Республикаялъул бюджеталда 94 млн гъурущ бихьизабун буго 15 кьо гьабизе.\nМинистрасул рагӏабазда рекъон, лъикӏал хӏасилал руго цӏер гьабиялъул (2 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурщиде къайи биччан буго). Кьерцисалаялда дандеккун, 2 млн долларалъ цӏикӏкӏун биччан буго гъоркьиса цӏорол банкабиги шушбиги. Гьедин 4 млн долларалде цӏорол цӏа-рагӏ къватӏисел улкабаздеги битӏун буго.\nГали бахъа-бахъаралъур лъурал гӏисинал базаразул гьикъана «Илчи» газеталъул журналистас. Гьел базараздаса щолеб хайир участковияв инспекторасул чвантинибе унила. Гьелъул бакӏалда, гьел киналго базарал тӏатинеги гьарун, бюджеталде налогал кьезе щай тӏамуларел яги къазе щай къаларелин абураб суал кьуна журналистас.\nМинистрас жаваб кьуна гьеб бугин даранчагӏазе квербакъулеб агентствоялде тӏаде кколеб суал. Гьелъул вакилзабаз рагӏа-ракьанде щун кьелин гьелъие жавабги.\nАмма гьел базарал къаялъул суал цӏакъ гӏакъилго тӏубазе кколинги абуна министрас. Щайин абуни, гьенир хӏалтӏулел, гьениса бетӏербахъи гьабулел чагӏи нилъер ракьцояллъидал кколел.\n«ИТАР-ТАСС» агентствоялъул журналистас гьикъана федералияб централдаса Дагъистаналъе бихьизабураб гранталъул (1,2 млрд гъурущ): «Нилъехъе кодобе щун бугищ гьеб гӏарац? Кинал мурадазда гьеб харж гьабизе бегьулеб? Сундухъ нилъее гьеб щвараб?»\n— РФялъул регионазул бутӏрузул хӏалтӏуе къимат кьолеб 15 батӏияб къагӏида буго. Гьениб хӏисабалде босула гӏадамазул рукӏа-рахъин лъикӏлъараб куц, мискинал чагӏи дагьлъи, регионалде инвестициял рачӏин ва цогидаб.\nГьеб грант сунда тӏад хвезабизе бегьулебали интернеталдасан гьаркьал кьолеб къагӏида ургъун буго нижеца. 11 азаралда 97 батӏияб предложение буго гьениб. Москваялдасагун Санкт-Петербургалдасагицин ахӏун бачӏана. Гӏадамаз абулеб буго сахлъи цӏуниялда, лъай кьей лъикӏлъизабиялда тӏад хвезабизе бегьулин гьебилан. Цебесаккун киназего бикьун лъикӏин гьеб гӏарацилан абулел чагӏиги руго. Ахиралда жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, гӏалимзабиги, цогидал эксперталги ахӏун, бищун лъикӏал предложениял тӏаса рищизе руго, — ян жаваб кьуна Хӏ. Султановас.\n«Хӏакъикъаталъул» рахъалдаса кьураб суал букӏана цӏер ва полиэтилен гьабулел заводал рачӏого, росдал магӏишаталда хӏалтӏулел дагъистаниязе хӏажатал объектал щай республикаялда бищунго гӏемер раларелин абун.\n— Бизнесалъ цӏехола гӏицӏго жиндиего хайирги бугеб, заралги дагьаб бакӏ. Гьел рехсарал заводазда хӏалтӏухъабазе щола гӏезегӏан кӏудиял харжал. Гьединго росдал магӏишаталъе хӏажатал объекталги руго республикаялда, — ян бицана министрас.\nРищни-къулалъул завод къваригӏун бугилан бицунелдасаги чанго анцӏго сон буго. Амма жеги рагӏалде бахъараб жо гьечӏо. Хӏажи Султановас бицана гьединаб цо проект билълъанхъизабулеб бугин Болъихъ районалда. Цогидал бакӏаздаги гьаризе ругила."}
{"slug": "7190-khiukumatalda-khisa-basiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7190-khiukumatalda-khisa-basiyal", "title": "Хӏукуматалда хиса-басиял", "date": "2020-02-18 10:21:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Артём Здуновас хиса-басиял гьаруна цо-цо идарабазда.\nЦӏиял хъулухъазде тӏамуна:\nСветлана Гӏабдулкъадирова — экономикаялъул ва территориалияб цебетӏеялъул рахъалъ министрасул тӏоцеесей заместительлъун;\nИздаг Гӏалиханова, хӏукуматалъул нухмалъулесул гӏакълучӏужулъун;\nГӏабдула Мухӏамадов, статс-секретарь – туризмалъул ва халкъиял махщелазул рахъалъ министрасул заместительлъун;\nМуслим Къурамухӏамадов ва Сергей Караченцев – юстициялъул министрасул заместителаллъун."}
{"slug": "7191-25-000-chiyase-baki-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7191-25-000-chiyase-baki-shchvana", "title": "25 000 чиясе бакӏ щвана", "date": "2020-02-18 10:25:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана Россиялдаса хӏежалде унезул къадар 4500 чиясдалъун цӏикӏкӏинабун буго. Гьединаб баян кьуна Уфаялда букӏараб данделъиялда хӏеж-миссиялъул нухмалъулев, РФялъул федерациялъул советалъул сенатор Иляс Гӏумахановас.\nГьанже нилъер улкаялдаса хӏежалде ине рес щвезе буго 25 азарго чиясе. Гьанжелъизегӏан 20 000 чиясе бакӏ кьолаан Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялъ. Щуазарго чиясдалъун гьеб къадар цӏикӏкӏинабизе кӏванин сагӏудиязулгун лъикӏал гьоркьорлъаби рукӏиналъилан абуна Иляс Гӏумахановас.\nГьелъул хӏакъалъулъ дагьаб гӏатӏидаб баян кьуна «Хӏакъикъаталъе» Иляс Гӏумахановасул кумекчи Хӏизбула Асуевас.\n«Исана Сагӏудиялде ахӏун рукӏана ниж хӏежалъул суалал тӏуралев гьезул министрас. Гьениб Иляс Гӏумахановас чӏванкъотӏун абуна Россиялъе бугеб квота цӏикӏкӏинабизе кколилан. Щайин абуни, Калининградалдаса байбихьун, Приморьеялде щвезегӏан цӏакъ гӏемерал бусурбаби ругин жакъа Россиялда. 1999 соналъго чӏезабураб квота букӏана Россиялъе — 20 000 чи.\nГьелъ щибаб соналъ тӏадеги гьаризе кколаан 2000, 3000 ва 5000 чиясе бакӏ. Гьанже кидаго нилъее чӏезабураб квота букӏине буго 25 000 бакӏ. Гьеб щвезе ккани, цин Россиялъул МИДалдаса официалияб кагъат битӏун тӏалаб гьабизе кколаан гьезул низамалда рекъон. Амма Иляс Гӏумахановасда кӏвана гьеб суал Сагӏудиялда вукӏаго роцӏцӏинабизе», — ян бицана Хӏизбула Асуевас."}
{"slug": "7192-giansi-tiuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7192-giansi-tiuna", "title": "Гӏанси тӏуна", "date": "2020-02-18 10:28:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏансиги тӏун бачӏун, Лъаратӏа районалда ва Бежтӏа участокалда гьоркьоб нух бацун буго. Гьелдалъун гӏадамазе къварилъи ккун гьечӏо.\nЧанго къоялъ цебе МЧСалъ лъазабун букӏана ралъдал гьумералдаса 1,5 азарго метралъ рорхатго ругел районазда гӏансиял тӏеялда хӏинкъи бугилан. Гьединлъидал дагьаб мехалъ гьенире сапарал гьаричӏого тейилан."}
{"slug": "7193-khasavyurtal-ul-mazhgit-bukhiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7193-khasavyurtal-ul-mazhgit-bukhiana", "title": "Хасавюрталъул мажгит бухӏана", "date": "2020-02-18 10:43:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 февралалъул радал бухӏана Хасавюрталъул Бамотовское шагьранухда аскӏоб бугеб мажгит.\nГьелдаго цадахъ бухӏун буго аскӏобго букӏана гӏадамал квана-гьекъезе унеб букӏараб бакӏги. Гьелдалъун гӏадамасе къварилъи ккечӏин лъазабулеб буго республикаялъул МЧСалъул хъулухъалъ. Цӏа щиб гӏиллаялдалъун ккарабалиги лъалеб гьечӏо."}
{"slug": "7194-imam-shamilil-prospekt-k-achiaze-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7194-imam-shamilil-prospekt-k-achiaze-bugo", "title": "Имам Шамилил проспект къачӏазе буго", "date": "2020-02-18 10:50:33", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул имам Шамилил цӏаралда бугеб проспект цӏигьабун къачӏаялъул тадбиразде байбихьизехъин буго шагьаралъул нухмалъиялъ. Гьелъие биччалеб буго 1,5 млрд гъурущ.\n12 февралалда гьеб суал гьоркьаоб лъураб данделъи тӏобитӏана хӏукуматалдаги.\nРеконструкция гьабулаго ракӏалда бугин шагьранух къачӏазе ва бажарараб къагӏидаялъ гьеб гӏатӏидги гьабизеян бицана данделъи бачарав хӏукуматалъул нухмалъулесул заместитель Хӏажимухӏамад Хӏусеновас. Гьединго хисизе руго шагьранухалъе канлъи кьолел чирахъалги. Киналниги хӏалтӏаби лъугӏизаризе ракӏалда буго 2022 соналде.\nГьелда бан информалатазе кьураб баяналда, шагьаралъул мэр Салман Дадаевас бицана 50 миллион гъурущ биччан бугин реконструкциялъул проект гӏумруялде бахъинабизе. Гьединабго проект 2015 соналъги букӏанин хӏадур гьабун, амма цо-цо бакӏазухъ балагьун, гьеб басралъун бугин, гьединлъидал цӏияб проект хӏажалъизе бугин бицана гьес.\n«Дихъе гӏадамаз рачӏунел гӏарзабазда гьикъула имам Шамилил цӏаралда бугеб проспект кидайин къачӏазе бугебилан? Амма киназдаго гуро бичӏчӏулеб кигӏан захӏматаб хӏалтӏи гьеб кколебали. Шагьранухалъул рагӏа-ракьанги къачӏан тӏубалеб хӏалтӏи гурелъул гьеб», — илан абуна мэрас.\nС. Дадаевас бицунелда рекъон, реконструкция гьабулаго лъабгониги бакӏалда ракьуда гъоркьан яги тӏасан гӏадамаз нух бахунел бакӏал гьариялъулги суал буго.\n«Амма ракьуда гъоркьан гьединаб бакӏ гьабизе бегьилищ яги бегьиларищ абураб суал хутӏулеб буго рагьараблъун. Щайгурелъул лъим къватӏибе кӏанцӏизе рес буго, ракь бухъани. Ракьалда тӏасан нух бахунел бакӏал гьарулел ругониги, гӏемерал хӏалтӏаби гьаризе ккезехъин руго. Палхӏасил, гьеб суал роцӏцӏинабизе буго проекталда тӏад хӏалтӏулез», — илан абуна Дадаевас.\nПроспект цӏи гьабун къачӏаялъул хӏалтӏабазде исана байбихьизе бугин лъазабуниги, щиб моцӏалъали мухӏкан гьабулеб гьечӏо мэриялъ."}
{"slug": "7196-bergenl-iyal-ul-giarats-shchvezegian-khutiichiel-veteranal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7196-bergenl-iyal-ul-giarats-shchvezegian-khutiichiel-veteranal", "title": "«Бергьенлъиялъул» гӏарац щвезегӏан хутӏичӏел ветеранал", "date": "2020-02-18 11:05:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялъул хӏурматалда улкаялда ругелщинал ветераназе 75 аза-азар гъурущ кьезе буго исана. Гьединаб указалда гъоркь гъулбасана гьал къоязда президент Владимир Путиница.\nАмма квеш ккараб жо буго гьеб гӏарац кодобе кьезе жалго ветераназул гӏемерисел жакъа чӏаго гьечӏолъи. Россиялъул цо-цо шагьаразда хутӏун руго гьел. Гьединго килщазда рикӏкӏине чагӏи хутӏун руго нилъер республикаялъул шагьараздаги. Амма чанги мугӏрузул районал руго гьел нахъе гьечӏелги.\nГьелда бан «Хӏакъикъаталъе» гьадинаб пикру загьир гьабуна Шамил районалъул Ветераназул советалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Асхӏабовас:\n«Гӏемерисел ветераналги хвараб мехалъ кьолеб гӏарац кинаб жо букӏунеб? Мисалалъе, жакъа Шамил районалда цониги рагъул ветеран хутӏун гьечӏо. Гьезул ахирисев хвана кӏиго соналъ цеве.\nБергьенлъи босаралдаса 60, 65, 70 сон бараб мехалъ, гьезул цо яги кӏигониги чи нахъе вугеб мехалъ щай кьечӏеб гьеб гӏарац?\nВетераназдаго цадахъ 50 000 гъурущ кьолеб бугин тылалда захӏмат баччарал чагӏазегиян хабар буго. Гьединазул кӏинусгониги чи вуго нижер районалда жакъа. Бокьилаан гьезиениги гьеб гӏарац щвани.\nАмма Венгриялда ккарал рагъулал тунка-гӏусиязда гӏахьалъаралги Афгъанистаналда рагъулел рукӏарал ветераналги, тылалда захӏмат баччарал чагӏазда ращад гьарун, гьезиеги биччани бегьилан гьеб гӏарац», — илан бицана Мухӏамадрасул Асхӏабовас.\nШамил районалдаго гӏадин, цониги ветеранал гьечӏел районал гӏемер руго жакъа магӏарухъ. Гьезул наслабахъе щайин гьеб гӏарац кьоларебилан абулелги чагӏи руго. Рукӏиналъул пайда щиб?.."}
{"slug": "7197-l-abgoyav-zhanive-tsoyav-k-vatiive", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7197-l-abgoyav-zhanive-tsoyav-k-vatiive", "title": "Лъабгояв жаниве, цояв къватӏиве", "date": "2020-02-18 11:10:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ ккуна Каспийск шагьаралъул судиясул кумекчи Гӏабдусалам Мухӏамадов.\nГьесде гӏунтӏизабулеб буго ришват босиялъул мурадалда такъсирчагӏазул къокъа гӏуцӏиялъул гӏайиб.\nГьединго ккун руго Южно-Сухокумск шагьаралъул бетӏерасул вукӏарав заместительги архитекторги.\nЦӏех-рехалъул комитеталъ информалатазе кьураб баяналда рекъон, Каспийск шагьаралъул судиясги гьесул кумекчи Гӏабдусалам Мухӏамадовасги хехго бечелъиялъул мурадалда, гӏуцӏун буго ришватал ракӏарулел такъсирчагӏазул къокъа.\n2019 соналъул маялдаса сентябралде щвезегӏан кинабниги микьго нухалда ришват босун бугин гьел кӏиязгойин хъвалеб буго баяналда. Гьеб къагӏидаялъ гьез бакӏарун буго 50 000-ялдаса бахъараб бащдаб миллионалде щвезегӏан гӏарац.\nГьединго 13 февралалда бачӏараб баяналда рекъон, ккун руго Южно-Сухокумск шагьаралъул бетӏерасул заместитель Шахсин Мирзоевги шагьаралъул архитектураялъул нухмалъулев Тимур Абакаровги. Гьезде гӏунтӏизабулеб буго хъулухъалдаса пайдаги босун, шагьаралъул бюджеталъе зарал гьабиялъул гӏайиб. Гьел кӏиялго жанир тӏамун руго.\nЦере жанир тӏамун рукӏарал хӏакимзабазул рахъалъанги цӏияб хабар лъана 13 февралалда.\nРеспубликаялъул ФОМСалъе, гьединго Махӏачхъала шагьаралъе нухмалъи гьабулев вукӏарав Мухӏамад Сулейманов къватӏиве виччана республикаялъул Верховный судалъул хӏукмуялда рекъон, 13 февралалда. Судалъ гьединаб хӏукму гьабун буго республикаялъул МВДялъул следователасул ходатайствоялда рекъон. Гьев къватӏивеги виччан вуго лъабго моцӏрол болжалалда кинал рукӏаниги ишал гьаризеги гьукъун.\nГьединаб хӏукуму гьабиялъе гӏиллалъунги ккун буго 17 февралалда гьев туснахъ гьавиялъул болжал лъугӏулеб букӏиналда бан.\nСулейманов ккун вукӏана 2018 соналъул августалда."}
{"slug": "7198-musayasul-suratal-kuna-muzeyalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7198-musayasul-suratal-kuna-muzeyalde", "title": "Мусаясул суратал кьуна музеялде", "date": "2020-02-18 11:13:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 февралалда республикаялъул Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялде рачӏун рукӏана Халилбег Мусаясул цӏаралда бугеб «Рухӏияб нахъраталил» фондалъул вакилзаби. Заманалъулаб къотӏи-къаялда рекъон, машгьурав художникасул суратал музеялде цӏунизе кьун руго фондалъул хӏаракатчагӏаз.\nГьениб буго Германиялда вукӏаго Халилбег Мусаяс бахъараб нусгониги сурат.\n«Нижее бокьун букӏана гьел суратал тӏуранго музеялъул къайимлъиялде кьеян гьезда гьаризе. Амма заманаялъ, ай кӏиго соналъул болжалалда гурони, нижер музеялде гьел кьезе разилъичӏо фондалъул вакилзаби. Ракӏалда буго кӏиго сон ун хадуб бажаризе батилин тӏуранго гьел суратал музеялъе хутӏулеб куцалда фондалъул вакилзабазулгун къотӏи-къай гьабизеги», — ян бицана Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул нухмалъулесул заместитель Заира Киндиевалъ.\nГьел суратазул выставка гӏуцӏун букӏана Махӏачхъалаялда, 1998 соналда. Гьелдаса нахъе гьел цӏунун рукӏана Халилбег Мусаясул наслуялъул чагӏазухъ.\nМашгьурав художникасул хӏалтӏаби ватӏаналде тӏадруссинаризе байбихьун букӏана 1970-абилел соназда, СШАялда хӏалтӏулев вукӏарав нилъер ракьцояв, дипломат-резведчик Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул хӏаракаталдалъун. Доб мехалда гьев дандчӏван вукӏана Нью-Джерси штаталда гӏумру гьабун йикӏарай Халилбег Мусаясул хъизангун. Гӏ. Хӏажиевасда гьелъ гьарун букӏун буго, росасул ахирияб васият хӏисабалда, гьесул хӏалтӏаби ватӏаналде нахъруссинаризе кумек гьабеян. Амма, батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, гьесухъа бажарун букӏинчӏо художникасул хъизаналъул мурад тӏубан.\n1998 соналда, гьесул наслуялъул чагӏиги Америкаялде ун, гьезда кӏвана Х. Мусаясул суратал гӏагараб ракьалде росизе."}
{"slug": "7199-targ-uyalda-sverukh-akhii-khiur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7199-targ-uyalda-sverukh-akhii-khiur", "title": "Таргъуялда сверухъ ахӏи-хӏур", "date": "2020-02-18 11:18:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда бищун ахӏи-хӏур бахъинабурал хӏужабазул цояб ккола лъарагӏ миллаталъул цо-цо чагӏаз Дагъистаналъул миллатазде гьабураб видеохитӏаб.\nСверун гӏолохъабиги ракӏарун, бакьулъ чӏарав чияс абулеб буго:\n«Дагъистаналъул цониги миллаталъе изну кьолеб гьечӏо Таргъу магӏарда жидерго данделъаби, спортивиял ва цогидалги тадбирал тӏоритӏизе…\nПлов гьабизеги гьеб кваназеги бокьун батани, жидерго районалда гьабеян абе. Таргъу мегӏерги гьелда сверухъ бакӏги нижер ракьал руго».\nГьеб батана Шамил районалъул гӏолилазул гӏуцӏиялъ 2 февралалда гьениб гьабураб тадбиралда тӏасан гьабураб кӏалъай.\nДоб видеоялда кӏалъалев чиги Махӏмуд Гӏибадулаев абулев чи ватана. Гъоркьиса гьес кандидатура лъун букӏана Махӏачхъалаялъул мэрлъиялде. Гьанже шагьаралъул депутатлъиялде кандидатура лъезе бугин бицана гьес нижергун букӏараб гара-чӏвариялда.\nГӏемермиллатазул Дагъистаналда гьединал хӏужабаз бигьаго питна-хӏуралде рачине бегьула. Гьелъие гӏилла лъани, гьелдаса цӏунизе ресги буго.\nГӏенеккилинха гьезухъ.\nМухӏамад Мирзоев, Шамил районалъул гӏолилазул жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев:\n— Хас гьабун Таргъу магӏарда гъоркье ракӏаризе щай нужеда ракӏалде ккараб?\n— Гьелъие цо кӏудияб гӏилла букӏинчӏо, гьеб бакӏ гӏицӏго нижерго тадбирал гьаризе санагӏатаб бакӏ бати гуреб. Спортивиял къецалги гьаризе кколел рукӏана нижеца, плов белъинеги ракӏалда букӏана. Тӏадежоялъе, как балеб рукъги батана гьениб. Гьединлъидал свера-хъверун балагьидал, гьенир чӏезе хӏукму ккана. Дова ватарав хъаравуласулгун дандбайдал, гьесги бегьилин абуна. Хадусеб нухалъги щвана дун гьениве. Физзарядка гьабулел ратарал гӏолохъабаздаги бицана дица нижее гьениб нижерго дандеруссин гьабизе бокьун бугилан. Бегьулареб жо гьениб щибниги гьечӏилан гьезги абуна. Кяхулай росдал участковияв инспекторасдаги лъазабуна гьелъул хӏакъалъулъ.\nЦинги ниж доре ракӏарараб къоялъул радал гьениве щвана Кяхулай росдал вукӏарав бегавулги. Гьеб бакӏалъул жавабчилъи жинда тӏад бугилан абидал, гьенир ракӏаризе гьесухъаги ихтияр гьаранаха нижеца. Гьев разилъана. Гӏицӏго абуна рацӏцӏа-ракъалъиги цӏунейила, гӏурччинаб зонаялде машинабиги рачунгейила. Гьесдаса хадув вачӏарав гьединавго цоги чиясги гьебго жо абуна нижеда.\nГьез абураб куцалда нижецаги гьабуна.\nТадбирги берцинго тӏобитӏана: хӏисаб кьуна араб соналъ нижер гӏуцӏиялъ гьабураб хӏалтӏул, шапакъатал рикьана районалъул щибаб росулъ ругел кураторазе. Цинги чӏор речӏчӏиялъул, гиря борхиялъул къецалги гьаруна. Къадеквание пловги белъана.\n— 2 февралалда букӏараб гьеб дандеруссиналда бан лъазаби лъарагӏаз 7 февралалда гьабиялъе гӏилла щибдай?\n— Социалиял сетазда комментариял хъван рихьана рузманалъул какдаса хадур, кире рачунел ругелалигицин лъачӏого, ракӏарун ругила видеоялда ругел гьел гӏолохъабиян.\n— Маслихӏат хӏисабалда гьоркьоб рагӏи бицинеян лъарагӏ миллаталъул рахъалдасан нужеда аскӏове вачӏарав чи ккаравищ?\n— Ккечӏо. Инстаграммалдасан щиб, фейсбукалдасан щиб хъвадарун гурони, официалияб куцалда нуж мекъал рукӏанин яги ритӏарал рукӏанилан нижеда абулев чи вахъинчӏоха гьезул.\n— Журналист Мухӏамад Бисавгӏалиевас фейсбукалдасан нужеде гӏайиб-гъвел гьабулеб бугоан рогьалил какде рахъаян абун эстафета кьунин нужеца Таргъу магӏарда сверухъ ругел лъарагӏазул росабазе. Гьелъул магӏна букӏана дин, цин бугони, руцӏцӏухӏунги рукӏун гьабизе кколин, цоцахъе эстафетабиги кьечӏого. Кӏиабизе бугони, Шамил районалъ насранияб динищин босун бугеб цояб чӏван хадуб, цогидабги кӏаркьен цебе кквезе.\n— Гьеб хӏужаялда дандеккей лъугьана гьелъул. Рогьалил какде рахъаян районалъул щибаб росдал гӏадамазде хитӏаб гьабизе цебего ракӏалда букӏана нижеда. Гьанже Таргъу магӏарда бан ккараб дагӏбаги хӏисабалде босун, щайтӏаналъул мугъги бекизе букӏинеян гьабуна таркиялъулазде нижеца гьединаб хитӏаб. Жидедехун нижер щибниги жахӏда-хӏусуд гьечӏолъиги бичӏчӏизабизе, гьединаб жоялдасан ишги ракълиде бачӏинилан хьулалда.\nМахӏмуд Гӏибадулаев, видеохитӏабалда аслияб кӏалъай гьабурав чи:\n— Махӏмуд, абулеб буго доб видеоялда дуда сверухъ ругел гӏолохъабазда лъалебцин букӏун гьечӏин сундуе гӏоло ракӏарулел ругелали, рузманалъул какдаса хадур данделъарал чагӏи ругин гьел киналгоян.\n— Тӏоцебе дида гьелъул хӏакъалъулъ вотсапалдасан бицунеб рагӏана. Гьениб гӏолохъабаз абулеб бугоан какдаса хадур Таргъу росдал мажгиталда цере ракӏаризе ругилан. Цинги цогидас абуна Таргъу росулъ гурелъулинха гьел гӏолохъабаз жидерго тадбир тӏобитӏараб, Гӏамирхан-кенталдалъидалин. Гьединлъидал киназулго хӏукму ккана Гӏамирхан-кенталда данделъизе.\n— Жидедаса изнуги босичӏого, доре рачӏуниланищ гьезул разилъунгутӏи букӏараб?\n— Гьениреги рачӏун Шамил районалъул гӏолохъабаз плов кванаялда кинабгӏаги тӏадкӏалъай букӏинароан гьезул. Амма гьезда бичӏчӏичӏеб жо буго жидер ракьалдеги рачӏун Шамил районалъул гӏолилаз лъагӏалил хӏисаб кьеялъул тадбир гьабиялъул магӏна. Шамил районалъул цӏар рехсолеб бугелъул, гьединаб тадбир гьеб районалда тӏобитӏизеги ккеларищха.\nГьеб буго цо рахъ. Кӏиабилеб рахъ буго зама-заманалдасан нижер ракьал кколел рукӏин. Масала, Сепараторазул мухъ ккола Кяхулай росдал букӏараб бакӏ. Тӏомолгун венерологиял унтаби сах гьарулеб больница абуни буго Альбурикент росдал ракьалда бан.\nГьанже гьадаб Таргъу магӏарда гъоркь гьел гӏолохъаби данделъараб бакӏ жеги чӏобого буго. Гьединлъидал гьелда берги лъундай гьел гьенире рачӏун рукӏаралин абурал харбал раккана нижер гӏадамазда гьоркьор.\n— Махӏмуд, гьел гӏолохъабазул гӏуцӏиялъул цевехъан Мухӏамадица бицана жидеца нужер чанго чиясда цебеккунго лъазабунин гьеб тадбиралъул хӏакъалъулъ.\n— Официалияб куцалда чан къоялъ цебеккун лъазабизе кколебали лъалищ дуда гьеб? Амма лъазабун батичӏо. Гьениса-гӏебеде чуял хьихьун ругел нижер васазги абун буго гьезда Таргъу росдал мажгиталдаса изну босизе кколин гьенире ракӏаризе. Ун гьечӏо гьениреги.\nЦинги плов белъун бахъунеб гӏадаб мехалда, гьезда тӏаде щун вуго Кяхулай росдал вукӏарав бегавул, гьикъун буго гьел киса-щалилан. Гьезги жидерго мурад бицун буго. Гьедин батани, нужедаго хадуб рищни-къулниги бакӏарун тейилан гьесги абун буго. Тӏокӏаб щибиланха гьес абизе букӏараб?\nПалхӏасил, Шамил районалъул гӏолохъабазул гӏуцӏиялъ сан гьабун гьечӏо нижер лъабабго росдал? Нижерги руго гьединалго гӏуцӏабиги жамагӏаталги. Гьединал жал дандралеб гӏадат букӏуна.\n— Дандбарабани, букӏинаандай нужер тӏадкӏалъай?\n— Валлагь, букӏинароанха. Дида лъаларо сверун къан рахараб гьеб бакӏалде ракӏаризе щай гьезие къваригӏун букӏарабали. «Якорек» лагерь букӏана гьениб цебе. Чӏунтаралин кканиги, цо-цо минаби руго гьенир нижеца жаниб спортзал ва цогидаб гьабизе хӏисабалде росарал.\nГьел руго Гӏамирхан-кент абураб росдал хутӏелал. 1831 соналда биххизабуна гьеб. Гьелда бан кӏиго бицен буго. Цояб – гӏурусазул аскаразе лъим кьечӏолъиялъ биххизабун бугин абула Гӏамирхан-кент.\nКӏиабилеб бицен – гӏурус пачаясе гьа банилан ццинги бахъун, Таргъу росдаде тӏаде кӏанцӏи гьабулелъул Авар ханас биххизабунила гьениб гӏорхъода букӏараб Гӏамирхан-кент.\n— Интернеталда комментариязда хъвалеб бугоан нуж гьеб видеохитӏаб гьабизе цо хасал мурадал ругел чагӏаз тӏамун ругилан.\n— Гьереси буго гьеб. Амма гьединаб мехалда ахӏи бан киналго гӏедегӏула пуланаб бакӏалде. Лъица данде гьарулел ругелан суал лъоларо нижеца.\n— 2 февралалда гьабураб гьеб тадбиралда тӏасан хитӏаб 7 февралалъ гурони щай гьабичӏеб?\n— 4 февралалъ гурони лъачӏо нижеда. Тадбиралъул хӏакъалъулъ видеоги цогидабги дол гӏолохъабаз интернеталде рехун букӏинчӏебани, гьебгицин лъалароан нижеда.\n— Махӏмуд, МВДялъ лъазабунаха дур хитӏабалъе кколеб къимат кьезе бугин. Гьединлъидал миллатчилъиялда бан гӏайиб гӏунтӏизабизе рес бугин дудеян хъвалеб буго.\n— Лъала. Амма дица гъоба хас гьабун магӏарулал абун, цо миллат гурелъулха бихьизабураб. Дагъистаналъул киналго халкъалин абуна. МВДялъулал абуни, гьеле гьеб рагӏиги ккун чӏун руго. Миллатги миллатчилъи батӏи-батӏиял жал руго.\nP.S.Бицен гьабулеб лъугьа-бахъиналда бан, дагьал церегӏан къоязда данделъун рукӏана Шамил районалъулги лъарагӏазул лъабабго росдалги (Таргъу, Альбурикент, Кяхулай) вакилзаби, диниял хӏаракатчагӏи.\nГӏезегӏан берцинаб, цоцазда ричӏчӏараб кӏалъайги ккана гьениб. Гӏасрабаз цоцазда цадахъ гӏумруги тӏамулел, гьоркьор ригьналги, гьудул-гьалмагълъиги бугел Дагъистаналъул миллатазул хадубккунисеб къисматги цоцада бухьараб букӏине бугеблъи хӏакъаб буго. Батӏияб хӏалалда букӏине кинго ресги гьечӏо."}
{"slug": "7201-tiotiol-pil-l-uginabuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7201-tiotiol-pil-l-uginabuge", "title": "Тӏотӏол пил лъугьинабуге", "date": "2020-02-18 11:50:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Социалиял гьиназда, гьединго гӏадамал данделъарал бакӏазда, бицунеб буго коронавирус унти Дагъистаналде щун букӏин тӏалъиялъ халкъалдаса бахчулеб бугин абун. Гьелъул хӏакъикъат цӏехон нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул хӏинкъи цӏикӏкӏарал рахунел унтабазда хадуб халкквеялъул отделалъул начальник Мурад Рамазановасулгун.\n— Коронавирусалъ Дагъистаналда гӏадамал унтизе рес гьечӏин абиларо, амма гьеб ккола щакаб жо. Рес буго даран-базаралъ Китаялде унел дагъистанияз гьеб унти республикаялде босун бачӏине. Талихӏалъ, коронавирусалъ унтиялдалъун гӏадамал холел ругеб китаязул Ухан шагьаралда жакъа цониги дагъистанияв гьечӏо. Аслияб къагӏидаялда нилъерал руго Китаялъул цогидал провинциязда, — ян бицана М. Рамазановас.\n— Коронавирусалдаса цӏуниялъе Дагъистаналъул гӏорхъабазда постал лъун ругищ?\n— РФялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул буюрухъалда рекъон, пачалихъалъул гӏорхъабазда ругел жанире-къватӏире гӏадамал риччаялъулал киналго пунктазда руго санитариялгун карантиналъул хъаравулзаби, гьенирго руго изоляторалги. Гьениб къватӏисел улкабаздаса рачӏунел чагӏазул чорхол цӏа-каналъухъ халгьабула (термоконтроль). Поезд-самолеталдаса къватӏире рахъиналде ва аэропорталдегун вокзалалде жанире рачӏунезухъ тепловизоралъ хал гьабула. Черхалъул цӏа-кан цӏикӏкӏин, хъегӏи-чинхъи яги магӏу чвахи тӏатани, цогидаздаса батӏагьавун, унтарав изоляторалда лъола ва гьениса медицинаялъулаб хехаб кумекалъул машинаялда гьев рахунел унтабазул больницаялде витӏула. Хадуб халгьабула унтарасулгун бухьен букӏарал чагӏазулги.\n— Цо-цо чагӏаз гьабулеб буго дарабазул ва гьурмада ралел маскабазул нахърател мукъсанлъун бугин…\n— Гьединаб нахърател гьабиялъе кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏо. Унти байбихьани, дарабазулги маскабазулги къварилъи букӏине гьечӏо. Исана нилъер республикаялда, цӏакъ дагьал чагӏи гурони, гӏадатияб гриппалъцин унтичӏо. Гьурмада маска ххезе ккараб хӏалги гьаниб гьечӏо.\nКоронавирусалдаса цӏуниялъеги хӏалтӏизарула гӏадатияб гриппалъего гӏадал тадбирал: рокъоб бацӏцӏадаб гьава букӏинаби, гӏадамал ракӏарараб бакӏазде инчӏого чӏей, вирусаздаса гьава бацӏцӏад гьабиялъулал тадбирал, сапнаца кверал чури, гьайгьай, умумузулго букӏараб дару – ражи хӏалтӏизаби.\n— Щиб гӏакълу кьелеб дагъистаниязе, цӏодорлъи гьабиялъул мурадалда?\n— Къватӏисеб улкаялде сапар бухьиналда цебе, чара гьечӏго коронавирусалдаса цӏуниялъе прививка гьабизе ккола. Лъикӏаб букӏина, коронавирусалъ гӏадамал унтун ругеб улкаялде, хасго Китаялъул Ухан гӏадал шагьаразде, сапар гьабичӏого тани.\n— Гӏадатияб гриппалда дандеккун, инсанасул гӏумруялъе кигӏан цӏикӏкӏараб хӏинкъи букӏунеб коронавирусалъул?\n— Аслияб къагӏидаялда коронавирусалъ унтула 60 сонил ригьалдаса тӏаде арал, хасго иммунитет дагьлъарал, чакрил унти ва бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏи. Коронавирусалде дандеккун, гӏадатияб гриппалъулги къватӏул унтабазулги инсанасул сахлъиялъе ва гӏумруялъе гӏемерго цӏикӏкӏараб хӏинкъи букӏуна. Коронавирусалда данде ккун, гӏадатияб гриппалъ унтарал кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун хола. Цо пуланаб мурадалъе гӏоло, СМИялъ дунялалдаго ахӏи бахъинабун, гӏадамал хӏинкъизарулел руго. Гьеб рахъалъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал ккола лъел стаканалъуб буран бахъинаби гӏадаб гӏала-гъважа."}
{"slug": "7203-ruk-shchveze-kumek-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7203-ruk-shchveze-kumek-gabuna", "title": "Рукъ щвезе кумек гьабуна", "date": "2020-02-18 11:57:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб группаялъул инвалид Ф. Гӏабдурахӏмановалъ жиндир ихтиярал цӏунулел гьечӏин бачӏараб гӏарзаялъул халгьабуна Махӏачхъала шагьаралъул прокуратураялъ.\nМахӏачхъала шагьаралъул администрациялъ тӏоцебесеб группаялъул инвалид Ф. Гӏабдурахӏмановалъе кьезе кколеб букӏараб кӏиго рукъалъул квартираялъул бакӏалда кьун батана цо рукъалъул квартира.\nХалгьабиялъул хӏасилалда, тӏоцебесеб группаялъул инвалидалъул мурадалги цӏунун, шагьаралъул прокуратураялъ лъазабуна Махӏачхъала шагьаралъул администрациялда тӏадаблъун гьабулеб бугин, рукӏа-рахъиналъул авариялъулаб фондалдаса 2013-2017 соназда гражданал цӏияб бакӏалда гочинариялъул программаялде босараб къагӏидаялда, Ф. Гӏабдурахӏмановалъе кӏиго рукъалъул квартира кьейилан.\n2020 соналъул 28 январалда, судалъ гьеб гӏарза къабул гьабун буго. Судалъул хӏукму, шагьаралъул прокуратураялъ, жиндирго хъаравуллъиялдеги босун буго."}
{"slug": "7206-nobelil-premiyal-ul-laureatl-un-vakh-inaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7206-nobelil-premiyal-ul-laureatl-un-vakh-inaan", "title": "Нобелил премиялъул лауреатлъун вахъинаан", "date": "2020-02-18 12:10:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 февралалда Буйнакскиялъул №2 гьоркьохъеб школалда тӏобитӏана школалъул къадада Наби Мухӏамадовасул мемориалияб хъарщиялъул хӏурматалда данделъи.\nНаби Мухӏамадовас лъугӏизабуна рехсараб школа. Гӏумруялъул ахирал соназда гьев хӏалтӏулев вукӏана Америкаялъул Рочестерил университеталда. Гьев рикӏкӏунаан лъикӏав гӏалимчилъун. Гарвардалъул дипломалъул бетӏергьанчӏужу йикӏана гьесул лъади Наталья Щербининаги. Гӏалимзабазул хъизамалда гӏолев вукӏана вас Гӏамирги. Гьезул гӏумру батана цӏакъго къокъаблъун. Нагагьаб балагьалдалъун гӏумруялдаса батӏалъараб хъизамалъул жаназаби Америкаялъ ритӏана ватӏаналде.\nМемориалияб хъарщи рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана Буйнакскиялъул мэр Исламудин Нургьудаевги, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Шагьсалам Батироваги, Наби Мухӏамадовасул гӏагарлъигун гьудулзабиги.\nГьениб Наби Мухӏамадовасул хӏакъалъулъ бицана школалъул директор Миясат Сулеймановалъги, учительница Муслимат Хӏасановалъги ва цогидазги. Гьез бицана Нобелил премиялъул анлъго лауреат хӏадуризе бажари букӏанин Наби Мухӏамадовасулин абун. «Америкаялъул Рочестерил университеталъул гӏалимзабаз абулеб буго, гӏумруялдаса хехго ватӏалъичӏевани, Наби живгоги мустахӏикълъилаанин рехсараб премиялъе», — ян бицана кӏалъазе рахъараз.\nТадбиралъулги гӏалимчиясул гӏумруялъулги хӏакъалъулъ гӏатӏидго цӏале «Хӏакъикъаталъул» иргадулаб номералда."}
{"slug": "7207-chan-chikha-nil-er-vugev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7207-chan-chikha-nil-er-vugev", "title": "Чан чиха нилъер вугев?", "date": "2020-02-18 12:15:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Улкаялда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул къадар мухӏкан гьабиялъул мурадалда, Росстаталъ исана тӏобитӏизе буго халкъалъул хъвай-хъвагӏай гьабиялъул тадбир. Гьелъул хӏасилалда нилъеда лъазе буго халкъалъул гьоркьохъеб ригь, руччабазул ва бихьиназул къадар. Хъвай-хъвагӏай гьабиялъул тадбир исана тӏоцебесеб нухалда гӏуцӏизе буго тарихазул технологиязул кьучӏалда.\nГьелде тӏадеги щивав чиясе рес щвезе буго жиндир хӏакъалъулъ баянал жинцаго гъорлъе ккезаризе. Гьединаб рес кьолеб буго Госуслуги абураб порталалъ. Гьеб порталги рагьун бажарула МФЦялъул сайталда бугеб щивасул кабинеталъул кумекалдалъун.\n2020 соналда халкъалъул хъвай-хъвагӏай гьабулаго, гӏадамазул цӏарал бачӏинахъего хъвазе руго мобильнияб приложениялда, ай кагътил вариантаздаса инкар гьабулеб буго. Гьелъул мурадалда хӏадурун буго переписалъул хасаб электронияб тӏамачги.\nИнтернет-перепись байбихьула тӏоцебесеб октябралда ва халат бахъине буго 25 октябралде щвезегӏан. 4-27 октябралда хъвай-хъваял гьаризе руго хасал хӏалтӏухъабаз – щивасул азбаралдеги щун, планшеталда яги ноутбукалда. GPS-навигаторалъул кумекалдалъун, гьезул букӏине буго Росстаталъулгун битӏахъеяб бухьенги.\nХъвай-хъвагӏай гьабулеб мехалда, гьикъизе буго щивасул цӏар, ригь, жинс, гражданство, хӏалтӏулев вугищали, миллат, батӏи-батӏиял мацӏал лъалищали, къватӏисел улкабазде щвеялъул ва цогидалъулги хӏакъалъулъ."}
{"slug": "7211-zanal-rugo-tsiikikiun-nukhlul-ragialda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7211-zanal-rugo-tsiikikiun-nukhlul-ragialda", "title": "Занал руго цӏикӏкӏун нухлул рагӏалда", "date": "2020-02-19 10:31:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цоги магӏирукъ, машинаялъ авария гьабун хварал рукъизе гьаругьин рачӏунел машинабазул читӏир. Шагьаралдаса росулъе арай юссинчӏо эбел, хӏалтӏул сордо-къо лъугӏун, хъизан-лъималазда аскӏоб хӏухьбахъизе анищгун вачӏунев гӏолохъанчи ана абадияб хӏалхьуде, бертаде хӏадурлъулел гӏолилал ккана гъура-чункун чурхдулгун больницаялде…\nЖидер лъималазул гӏайибалдалъун хваразул рокъор накабазда чӏун эбел-эмен, полиция гьоркьобе лъугьине биччагеян маслихӏаталъе кӏалъалел хараби… Анкьида жаниб рагӏараб анцӏго авария, агъазго гьечӏого хъамулел машинаби, гьезул хъаравуллъуда харж кьун таразе гьечӏеб ургъел. Щибалъул батӏа-батӏа хъвазе хӏужабазул гӏемерлъи!\nХъил тӏурал, гӏатӏидал шагьранухал руго магӏарухъе. Гьездасан лъикӏлъи буго, хехго щолелги руго, ракӏбагъаризабулеб кӏанцӏейги гьечӏо, машинабиги жагъаллъуларо. Квешлъиги буго лъикӏлъи кӏоченабулеб, занал руго цӏикӏкӏунел нухлул рагӏаллъабазда. Аллагьасул къадарин абун тезе бегьила. Гьелда разилъунгутӏи, божунгутӏи гуро. Бетӏергьанас инсанасе гӏакълу щай кьун бугеб, хирияв аварагасул хӏадисаз нух щай бихьизабун бугеб? Нилъее гӏумру гьабиялъе бигьалъиялъе гурищ? Хӏукуматалъул гӏуцӏи, законал сундулъго тартиб цӏунизе гурищ ругел?\nГӏала-гъважаялде сверараб гӏумру! Къуръангун хӏадисал гӏадахъ росулареб, хӏукуматалъул тӏалабаз чангит бан чӏолареб пахрулъи буго инсанасулъ согӏлъун.\nЩибго квалквал гьечӏого, ричун росулел руго машина бачине изну кьолел документал, документго кодоб гьечӏелги руго рулалде гӏунтӏизе гӏурабго кодобе машинаги кьун. Ругелщинал хӏалкъарал мисалал сверухъ, бицун хӏалкӏвеларо.\nЭмен тохлъаравго, гьесул машина хъамулеб буго васас къватӏахъе. Эбел, васасдаса чӏухӏун, аскӏой рекӏуней йиго. 13 сон барав васасухъе машина кьезе бегьилищин абулеб якьадалъул хабаралъе нусалъ жаваб кьолеб буго «гьедин ругьунлъичӏони, гьесда машина бачине кин лъалебилан». «Шоферлъиялъе цӏализе гьесул эмен Шураве витӏун вукӏана дица», — ян къварилъахъдулей йиго якьад. «Гьанже лъимал цӏодорал руго», — ян кьвагьулеб буго данде нусалъ. Хадусел къоязго инсул чӏухӏараб машинаялъул чухӏараб банка гӏадаб жо гьабуна гьанжесев «цӏодорав» васас, живго цо бох бекун хвасарлъана…\nЭмен гьечӏолъи лъазе теларин, васалги гӏолохъаби гӏолел ругинги абун, налъукье лъугьун гӏарацги гӏезабун, босун буго эбелалъ школалда цӏалулел лъималазе машина. Цӏалунгӏаги рахъинчӏел васазда машина бачине божилъи гьабизе бегьилищин абулезулги рагӏи къотӏизабулеб буго гьелъ: «Кӏудияб квегӏенлъи буго магӏишаталъе рокъоб нижерго машина букӏун, чияда гьардезеги кколел гьечӏо», — янги абун. Эбелалъул рохел къокълъана панкъ гӏадаб машинаги нухлул рагӏалде рехун, лъукъа-къотӏун вас больницаялде ккараб къоялъ. «Алхӏамдулиллагь, вас чӏаго вуго. Гӏадамаздаса намус ккана. Аллагьасул къадар гьадин букӏун бугоха», — ян бецӏцӏулеб буго гьей пакъиралъул магӏу. Мискинаб хъизамалда бесдаллъун руго лъимал гьелъул васасул гӏайибалдалъун. Гьеб кин бецӏилеб?! Гипсалъулъ лъурав васасул къаданийги чӏун щурулеб буго эбелалъ: «Я, дир вас, бегьилищ гьалъал сверабалъан машина хъамизе? Сверуда нахъа гӏадан, хӏайван, машина, гӏодобе тӏун кьуру батизе рес бугелъул». Кватӏун йиго эбел васасе вагӏза гьабизе."}
{"slug": "7212-murad-giolilal-tak-siraldasa-rikikial-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7212-murad-giolilal-tak-siraldasa-rikikial-i", "title": "«Мурад — гӏолилал такъсиралдаса рикӏкӏалъи»", "date": "2020-02-19 11:11:07", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахир заманалъул квешлъабаздаса гӏолилал рикӏкӏад гьари, гьезулъ сабругун иман щулалъи — тӏоцебесеб къоялдаса нахъего гьеб мурад буго «Шамил районалъул гӏолилал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул. Киналго соназ гьабунщиналъул бицинчӏого, гӏицӏго 2019 соналда «Шамил районалъул гӏолилал» гӏуцӏиялъ гӏахьаллъи гьабун буго 200-ялдасаги цӏикӏкӏун исламиял, тарбия-лъай, бичӏчӏи кьеялъул, спорталъул ва цоги батӏи-батӏиял тадбиразда. Гьедин гӏахьаллъун гуребги гӏемерал тадбирал, къецал жидецаго тӏоритӏиги гӏадатияб ишлъун буго тӏолабго районалъул гӏолилал цоцалъ гъункараб гьеб гӏуцӏиялъе. Санайилго гьел тадбиразда гӏахьаллъулезул къадар 100 азаргоялдаса гӏодобе кколаро.\n— Кин, кида бижараб гьеб гӏуцӏи ва сундуе гӏоло цолъарал «Шамил районалъул гӏолилал»?\n— Гьеб рагьулеб буго, кӏудияб кӏваралъул жамгӏияб ишалъе байбихьи лъурав, Зивуриб росулъа Гӏабдулхӏамид Хӏажиевасулгун гьабураб гара-чӏвариялъ.\n— Цебеккун Дагъистаналда букӏинчӏеб гӏолилазул гӏуцӏиялъе кьучӏ дуца лъуна. Кин гьеб пикруялде мун вачӏарав?\n— Нилъеда ракӏалда буго 2014 соналда Шамил районалда букӏараб ахӏвал-хӏал. Дагъистаналда бищунго гӏемерал такъсирал кколеб районлъун рехсолеб букӏана гьеб. Доб мехалъ гьениб букӏана чӏвай-хъвей, терактал, рес букӏана гӏемерал гӏолохъаби вагьабиязул рахъалде ине. Гьелъие аслияб малъилъунги букӏана нилъер муфтий Ахӏмад-апандиясул ишара. Байбихьана щибаб росулъа бажари бугел гӏолохъабиги ракӏарун, бугеб масъала гьезулгун гьоркьоб лъеялдаса. Аллагьасе рецц буго бичӏчӏи бугел гӏолохъаби, росу-ракь къиматал чагӏи гӏемер рукӏин. Цогиги масъала босани, ракьцоязул бухьен букӏинчӏо цӏакъ гӏемерал ракьцоял росаби рахун къватӏир гӏумру гьабун рукӏиналъ. Лъалеб букӏинчӏо кинаб ишалда, щиб чвахиялда гъорлъ бугеб къватӏиб гӏолеб нилъер наслу. Цо росулъа гӏадамалгицин цоцазда лъалареб бакӏалде ккун букӏана иш. Мурад букӏана районцоял цоцазде гӏагар гьари, ккаралъур гъункун данделъулеб цо жамагӏат лъугьинаби.\n— Гӏабдулхӏамид, сунда мугъчӏвай гьабураб ва лъица квербакъараб байбихьуда?\n— Щибаб росдал имамзабазде, бегавулзабазде ва жамагӏатчагӏазде букӏана ракӏбай. Гьеб заманалъ районалъул имамлъун вукӏана Гӏасаса Хӏасан-хӏилми. Гьесиеги цӏакъ къабуллъана нижеца байбихьараб иш. Гӏемерисел тадбиразулъ живгоги гӏахьалъун кумек гьабуна хӏалтӏи гӏуцӏиялъе. Районалъул бетӏерлъуда дол соназ вукӏарав Мухӏамад Асиятиловасги кутакалда рахъ ккуна нижер. Амма бищунго кӏудияб мугъчӏвайги божилъиги Дагъистаналъул Муфтиясда букӏана.\n— Жакъа къоялъ чан чи гъорлъе вачунев «Шамил районалъул гӏолилал» гӏуцӏиялъ?\n— Районалда буго 43 росу, гьел киналго росабазул руго жиде-жидер гӏуцӏаби, спорталъул командаби, гьезул рахъ кколел. Гӏахьаллъи гьабичӏого батӏатӏун чӏарал гӏолохъаби нагагьги ратиларо. Щибаб росулъ вищун вуго гӏолилазул цевехъанги. Гьел кураторал данделъун цере лъола масъалаби, гӏуцӏула хӏалтӏи, гьабула хӏукму.\n— Гьенир гӏахьаллъизе гӏолилазул гъира бижизабизе захӏмат букӏанищ?\n— Тӏоцебе дагьаб божилъи гьечӏолъиги букӏун батизеги бегьула. Кинаб бугониги политикаялъе гӏоло гӏуцӏараб иш батилин ракӏалде ккезе рес букӏаралъул. Амма нижер хӏалтӏи бихьидал, киназдаго бичӏчӏана ният бацӏцӏадаб букӏин.\n— Санайил цӏияв цевехъан хисиялъ щиб кьолеб?\n— Щивав чиясе хасиятаб буго цо бакӏалда гӏемераб заман бани, гьев гьелда ругьунлъи. Щуго соналда жанив нижеца хисана анлъго нухмалъулев. Гьел киналго жакъа лъикӏаб нухмалъиялъул хӏалбихьиги щварал, бокьараб даражаялда хӏалтӏи нухда бачине бажарулел гӏолохъаби руго. Росабазул кураторазда гьоркьор лъикӏ хӏалтӏарал чагӏазул цоясда цӏар чӏван вищула.\n— Тадбирал тӏоритӏулаго дандчӏвалел захӏмалъаби ругищ?\n— Гьаниб абизегӏанасеб захӏмалъи нижеда бихьичӏо. Росабазул бутӏрулги имамзабиги рекъон гьабулеб бугони хӏалтӏиялъул захӏмалъиги батичӏо.\n— Нужедаса мисал босун цогидал районаз гьабулеб бугищ гьединабго хӏалтӏи?\n— Дагъистаналда гӏемерисел районазда гьединал гӏуцӏаби нижер мисалалдалъун гьаруна. Гьел киналго районазул гӏуцӏцӏаби данделъун гьабуна жакъа киса-кибего машгьураб, «Ас-Патриоты» ассоциация. Гьеб буго Россиялъулго даражаялда гӏолилазул пикру загьир гьабун цебе бахъунеб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул нухмалъудаги вуго Унсоколоса Гӏабдулхӏажиев Шамил.\n— Щуго сонил хӏалтӏул хӏасилаздаса рази вугищ?\n— Аллагьасе рецц, нижеца цебе лъун букӏараб масъала гӏемерисеб рахъалъ тӏубана. Росабазулъ ва къватӏир ругел жамагӏатазда гьоркьоб гьабураб хӏалтӏул хӏасил — диналъ ва законалъ гьукъараб такъсирияб нухде унев чи районалда гьечӏолъи бугин абизе бегьила. Цере цоцазда лъаларел рукӏарал гӏолилал гъункун цо жамагӏатлъун лъугьана. Гӏицӏго цо-кӏиго чиясда гьабун бажарулеб хӏалтӏи гьеб гуро, лъикӏалщинал гӏолохъабиги гъорлъе журайдал, батӏияб рухӏ лъун цебетӏуна гьеб иш."}
{"slug": "7215-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7215-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-Жавабал", "date": "2020-02-19 11:50:19", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "«2013 соналда дица кредит босун букӏана, 2014 соналда гьеб тӏубан бецӏана, гьелъул квитанцияги дихъ буго. Гьедин бугониги, кредит бецӏизе абун, дир пенсиялда тӏаса гӏарац кколеб буго. Гьелъул хӏакъалъулъ судалде гӏарза хъван букӏана, амма гьел дихъ гӏенеккичӏо. Дица щиб гьабизе кколеб?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна Махӏачхъалаялъул Сбербанкалъул кредитазул отделалъул начальник Хӏусен Хӏусеновас:\n— Кредит тӏубанго бецӏанин абураб хӏужа-квитанция кодоб бугей дур пенсиялда тӏаса гӏарац кквей рикӏкӏуна закон хвезабилъун. Гьединлъидал дуе чарагьечӏого къваригӏуна хӏалбихьи бугев адвокат. Гьес цӏех-рехги гьабун, документалги ракӏарун, судалде гӏарза хъвазе ккола. Судалъ хӏукму къотӏула, законги хвезабун, дур пенсиялда тӏаса ккураб тӏолабго гӏарац тӏадбуссинабизе банк тӏамизе.\n«Дицаги дун гӏадинал цогидазги газеталъул редакциялде ритӏула кучӏдул. Нижер мурад букӏуна гьел газеталъул гьурмазда рахъи ва цӏалдолез къимат кьей. Рукӏунел ратиларо гьел щвалде щваралги, щайгурелъул дунги дунго гӏадиналги профессионалиял шагӏирзаби гурелъул. Загӏипал ругинги абун, гьел нахъе рехичӏого, бегьуларищ, «нижер хӏисабалда гьал загӏипал ругин» абун цеберагӏиги хъван, газеталда рахъизе. Гьедин гьабулеб бугони, нижерги ракӏбалаан газета цӏализеги гьелъие подписка гьабизеги. «Хӏакъикъат» магӏарулазул газета кколин абун тӏоцебесеб гьумералъул тӏарадаса гӏебедеги хъванги бугеб мехалда, бокьилаан, цо-цо ниж гӏадинал магӏарулазеги ихтияр кьуни газеталдаса цере рахъине. Яги цере рукӏаразул ялъуни гьанже халкъияллъун рахъаразул шагӏирзабазе гурони букӏунарищ газеталда бакӏ?»\nГьеб суалалъе жаваб кьуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас:\n— Битӏараб суал борхулеб буго цӏалдолес.\n«Хӏакъикъат» ккола магӏарул халкъалъул газета, гьединлъидал щивав магӏаруласул ихтияр буго гьелъул хӏалтӏулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе. Нилъер газета литературияб альманах кколаро ва гьанибе бачӏунеб щибаб кечӏги тӏадегӏанаб асар (шедевр) букӏунаро. Гьединлъидал хадубккун нижеца тӏад кверги бахъун, къачӏа-кӏатӏан цӏалдолезул асарал газеталда кьезе руго.\n«Жинцаго гӏарза кьечӏого бетӏер жагъалав чи психбольницаялда лъезе бегьулищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул мустахӏикъав тохтур, психологияб централъул тохтур Мустӏапа Гӏалиевас:\n— Бегьуларо. Законалда рекъон, жинцаго гӏарза хъвачӏого, бетӏер жагъалав чи психбольницаялда лъезе ихтияр букӏунаро. Батӏияб жо, гӏорхъолъа ворчӏун, гьес гъалмагъир яги сверухъ ругезеги жиндирго чорхоеги зарал гьабулеб букӏин. Гьединаб ахӏвал-хӏал бугони, медицинаялъул хехаб кумекалъул машинаялда гьев больницаялде вачуна ва, 48 сагӏтил болжалалда документалги хӏадурун, судалде кьола. Судалъул хӏукмуялда яги жинцаго хъвараб гӏарзаялда рекъон, унтарав психиатрическияб больницаялда лъола.\n«Захӏматалъул ветераназе кьолеб гӏарцул къадар бищунго дагь щай Дагъистаналда бугеб? Ставрополь ва Краснодар краязда ветераназе щола 1500 гъурущ. Дагъистаналда ругел гьеб къадар гӏарцул кьезе мустахӏикъал гьечӏищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул финансазул министерствоялъул ветераназул ишазул отделалъул хӏалтӏухъан Гӏалиева Мадинаца:\n— Россиялъул киналго регионазул ветераназе федералияб хӏукуматалъ чӏезабун буго 526 гъурущ пособиялъул. Бюджеталъул ресалда рекъон, щибаб регионалъул ихтияр буго гьелде тӏаде гӏарцул бокьараб къадар жубазе. Ставрополь ва Краснодар краял ккола бечедал регионал, гьединлъидал гьез ветераназе кьола 1500 гъурущ.\nАбулеб буго исана тӏоцебесеб февралалдаса нахъе ветераназе кьолеб гӏарцул къадар цӏикӏкӏине бугин. Амма жеги гьелъул хӏакъалъулъ нижехъе щвараб хӏукму гьечӏо.\nМахӏачхъала шагьаралдаса Хӏажимурадица цӏехолеб буго: «Дун лъадигун ватӏалъана, хӏалтӏулевги гьечӏо. Дицаго хьихьулеб буго анлъго ва анкьго сон бараб кӏиго лъимер. Пачалихъалъул рахъалдаса дир лъималазе кинаб кумек-бигьалъи букӏунеб? Моцӏрое щвезе кколеб лъималазул пособие, ай 150 гъурущги, гьезие бачӏунаро. Пособие щвезе ккани, кинал документал дица хӏадуризе кколел ва, гьелги росун, дун киве ине кколев?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул хъизамалъул пособиязул отделалъул хӏалтӏухъан Хӏажимухӏамадова Патӏиматица:\n— Ихтияразулалгун нормативиял актазда гьечӏо жинцаго лъимал хьихьулев эмен (одинокий папа) абулеб бичӏчӏи. Амма, законалда рекъон, гьесул ихтияразулаб статус бащалъула жинцаго лъимер хьихьулей эбелалда.\nГьединаб статус щвеялъе чара гьечӏеблъун ккола:\n1. Чӏужугӏадан эбелалъул ихтияраздаса махӏрун гьаюн йикӏин.\n2. Эбел хвей.\n3. Эбелалъул гӏакълу-пикру жагъаллъи.\n4. Лъимер инсул къайимлъиялда букӏиналъул официалияб хӏужа.\nРатӏалъиялъул хӏужа ва гӏемераб заманалъ эбел лъимада аскӏой гьечӏин абулеб баян эмен жинцаго лъимал хьихьулевлъун рикӏкӏиналъе гӏоларо.\nАнлъго ва анкьго сон бараб щибаб лъимералъе хӏукуматалъ щибаб моцӏалъ кьолеб 206 гъурущ гуреб, цоги батӏияб кумек букӏунаро. Гьеб пособие щвеялъе хӏажалъула хадусел документал: инсул паспорт, захӏматалъулаб книжка ва СНИЛС, хъизаналъулъ чагӏазул хӏакъалъулъ справка, лъимал гьариялъул хӏакъалъулъ, свидетельстваби ва ригьин биххиялъул хӏакъалъулъ свидетельство. Гьел документалги росун мун ине ккола дур хъвай-хъвагӏай бугеб бакӏалъул социалияб рахъалъ цӏуниялъул управлениялъул хъизамалъул пособиязул отделалде.\n«Москваялъ цере лъолел руго киназего гӏаммал стандартал. Масала, ясли-ахал рихьичӏел, гьеб щибалицин лъаларел мугӏрузул росабалъ гӏумру гьабун ругел лъималги, шагьаразда ясли-ахазде хьвадулелги ращад гьари битӏун бугищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:\n— 2012 соналъул 29 декабралда къабул гьабураб №273-ФЗ «Об образовании в РФ» абураб федералияб законалда рекъон, Москваялъ цере лъолел ругел стандартал ккола Россиялъул киналго регионазе гӏаммал, ай кьуричӏого тӏуразаризе кколел.\nГьединлъидал ДРялъул хӏукуматалъул ихтияр букӏунаро гьел хисизаризе."}
{"slug": "7217-khisizabula-giak-lugi-giumrugi-pikrugi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7217-khisizabula-giak-lugi-giumrugi-pikrugi", "title": "Хисизабула гӏакълуги, гӏумруги, пикруги", "date": "2020-02-19 12:06:39", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Буйнакск районалъул Хъараниса Акаев Нажмудиница 28 соналъ хъулухъ гьабуна СССРалъул ва хадубккун Россиялъул балъгояб аскаралъул хасаб батальоналда. Гьев хӏалтӏана диверсантал хӏадурулеб школалда инструкторлъунги, рагъулал цӏалул идарабазда преподавательлъунги. Кӏиго лъагӏелалъ Афгъанистаналда вукӏарав гьесулгун гара-чӏвари тӏобитӏана нижеца.\n— Нажмудин, кин байбихьараб дур рагъулаб хъулухъ?\n— 1965 соналда дица лъугӏизабуна Орджоникидзеялда (Владикавказ) бугеб рагъулаб училище. Витӏана хӏалтӏизе. Кӏиго моцӏидасан дица хъулухъ гьабулеб рагъулаб часталде вачӏана маршал Москаленко. Ниж кьвагьдолеб бакӏалде вачӏана гьев. Дун кин кьвагьдолевали халги ккун, гьес дида абуна: «Дир вас, вилълъа дида цадахъ», — ан. Вачана округалъул командующиясухъе. «Иван Макарович, исана училищеги лъугӏизабун вачӏарав гьав гӏолохъанав лейтенантасе щвана инспекциялда «щуйилаб». Гьале гьав тезе бегьула разведротаялъул командирлъун», — ан абуна маршалас командующиясда. Гьедин ккана дун Одессаялда букӏараб хасаб батальоналде. Хадубккун микьго соналъ батальоналъул командирлъун вукӏана, щвана капитанасул чинги.\n— Афгъанистаналде кида ккарав?\n— 1980 соналда гьенибе битӏана нижер батальонги. Дун гьеб заманалда вукӏана хасаб командировкаялда. Батальоналъул командир чӏвана дова. Гьеб мехалда нухмалъиялъ дун ахӏана ва досул бакӏалде витӏана. Кабулалде щведал, буюрухъ бачӏана тӏадвуссаян абураб. Кабулалде щведал дида абуна, тӏадеялъул рагъулаб операция букӏине бугин ва гьелъие хӏажалъизе ругин мугӏрузда хьвадун ругьунал аскариял. Нижер батальоналъул солдатал куцалаан Казбекалде, Эльбрусалде ва цогидалги мугӏрузде ххаризеги мугӏрузда рагъулал ишал гьаризеги. Щивав солдатасухъа цого хӏалалда бажаризе кколаан авлахъалдагун мугӏрузда цебелъураб масъала тӏубазабун.\n— Нилъер солдатал Афгъанистаналде ритӏи битӏараблъун рикӏкӏунищ дуца?\n— Афгъанистаналда кӏиго лъагӏел бана дица. Исана 31 сон тӏубала нилъер аскариял гьениса нахъе рачаралдаса. Рагъалъ инсанасул гӏакълуги, гӏумруги, пикруги хисизабула. Доб заманалда гьениб букӏана жакъа Сириялда бугебго гӏадинаб хӏал. Гиндукуш мегӏер буго ралъдал гьумералдаса анкьазарго метр борхалъи бугеб. Гьел мугӏрузда лъезе къасд букӏана НАТОялъ радарал. Гьелдалъун гьезда, хъатиниб гӏадин, цебелъолаан Саратовалде щвезегӏан нилъер мухъ. Дозда ракӏалда букӏана Кандагаралдасан Индиялъул океаналъул рагӏалде маххул нухги бахъун, гьениб Америкаялъул рагъулаб база базе. Гьениса рехарал ракетаби бигьаго щвезе рукӏана нилъер ракьалде. Гьелде данде гьабураб иш букӏана советиял солдатал Афгъанистаналде ритӏиги. Афгъанистаналъул нухмалъиялъ 5-6 нухалъ ахӏун, унги рукӏана гьенире нилъерал аскариял.\n— Солдатал куцазе хӏажатал шартӏал кин гӏуцӏун рукӏарал?\n— Самолеталъ яги вертолеталъ ниж рехулаан хӏажатаб бакӏалде. Кӏиабизе бугони, Сочиялда гӏагарлъухъ букӏана гӏатӏидаб полигон. Гьениб хӏадурулаан пуланаб бакӏалъул макет-копия. Масала, гьениб букӏана Турциялъул пуланаб провинциялъул копия: гьениб бугеб плотинаги, фугасалги, нижеца рахъизе кколел нухалги, ай цебелъураб масъала тӏубалаго, щвезе кколеб щибаб пункт. Нижер батальоналда цебелъураб масъала букӏана Турциялъул Чаталжинский районалда ругел ядерниял фугасал кьвагьизе течӏого, кодоре роси. Фугасал кьвагьани, кьвагьулаан гьениб гӏагарда букӏараб лъел сангар. Гьеб сангар биххараб мехалда, хӏинкъи букӏана Турциялъул Европаялъул рахъалда бугеб ракь тӏубанго лъелъ гъанкъиялъул. Нагагь рагъги байбихьун, нилъер аскар добе бачӏани, гьебги лъелъ гъанкъизе букӏана. Гьединлъидал нижеда цебелъураб масъала букӏана, нагагь рагъ байбихьани, сордо-къоялъул болжалалда жаниб гьел фугасал Босфоргун Дарданеллги тун, Турциялъул гӏорхъодаса къватӏире щвезари. Гьеб масъала тӏубазе кколаан Одессаялдаса вертолеталъ Болгариялъулгун Турциялъул гӏорхъоде рехизеян хӏадурараб нижер десантазул батальоналъ.\n— Гьеб тӏадкъаялъул аслияб мурад щиб букӏараб, Турциялъул гӏадамал цӏунийищ, яги…\n— Варшаваялъул къотӏиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб дандечӏей букӏиндал, дозукьа къун чӏезе бегьулароан. Доб заманалда букӏараб Турциялъул армиялда бажарулароан тушманасде данде 3-4 сагӏаталъ гурони дандечӏей гьабун – солдатазул къадарги дагьаб букӏана гьезул, армиялъул къуватги загӏипаб букӏана. НАТОялъул планазда бихьизабун букӏин букӏана, Варшаваялъул къотӏиялъул пачалихъазухъа кӏиго сордо-къоялъ гурони, жидеде дандечӏун бажаруларин абун. Гьеб заманалда Босфор-Дарданеллалъулги, Гибралтаралъулги, Европаялъулаб бутӏаялъулги иш лъугӏулаан, дозул пикруялда рекъон.\n— Хасаб батальоналде рачунел рукӏун ратила тӏаса рищарал солдатал…\n— Батальоналда хъулухъ гьабизе ритӏун рачӏунаан турказул мацӏги лъалел, лъикӏаб сахлъиги бугел гӏолилал. Гьенир рукӏана татаралги, лъарагӏалги, турказул мацӏалде гӏагарал цогидал халкъазул вакилзабиги. Буйнакск районалъул магӏарул росулъ гӏурав вукӏиналъ, дидаги лъалаан лъарагӏ мацӏ.\n15 маялъул радал сагӏат микьгоялда рахъинеги гьарун, 40 километралъ Одессаялдаса рикӏкӏад бугеб бакӏалда хьуцӏил рагӏалда рещтӏинабуна нижер аскар. Гьениб цо бакӏалда ракьулъ гӏучӏги къазабун, полкалъул командирас абуна: «Анисимов, гьаниб букӏина дур штаб. Гьадаб рахъалда техника лъезе паркги гьабе, гьаб цояб рахъалда – чадралги чӏвай. Гьале гьаниб базе буго кинабго инфраструктура гъорлъе бачараб рагъулаб городок. Анкьабилеб ноябралда нуж жанире лъугьине ккола цӏирарал минабахъе», — ян. Анкьабилеб ноябралде гьеб хьуцӏил рагӏалда бан букӏана ичӏтӏалаяб 20 минаги, дивизиялъегун полкалъе штабалги, солдатазе казармабиги, офицерзабазул мина, клуб, стадион, бассейн, школа, лъималазул ах ва цогидалги бакӏал. Гвардейский абураб шагьаралъул тайпаялъул поселок бана рииялда жаниб! Гьединаб гуч букӏана доб заманалда.\n— Дагьалъ цебе ккана кӏудияб ахӏи бахъинабураб лъугьа-бахъин: солдатас чӏвана цадахъ рукӏаразул чангояв. Гьединал хӏужаби кколаанищ дол соназда?\n— Доб заманалда кинабго тӏалаб гьабулаан командирасухъа. Дида, мисалалъе, командир хӏисабалда лъазе кколаан щивав солдатасул пикру, гӏузру, рохел-пашманлъи. Рес рекъарабго, цӏехолдулаан дун: рокъосан кагътал рачӏунищан, йокьулелъул хабар щолищан, эбел-инсул щиб хӏал бугебин абун. 15 соналъ хӏалтӏана дун солдаталгун – цониги гьединаб хӏужа ккечӏо.\nДоб заманалда офицерас малъараб гьабуларев, масала, дагъистанияв пуланаб заманаялъ витӏулаан дагъистанияв-офицер вугеб часталде. Гьесулгун гара-чӏвариял гьарулаан. Цо-цо мехалда гӏемерал дагъистаниял ругеб бакӏалде унаан дун, гьелгун дандчӏвазе, гьезул ахӏвал-хӏал цӏехезе. Кколаан солдатазул мукӏурлъунгутӏиялъе гӏилла цӏехонгутӏиялъул хӏужабиги. Масала, шагьаралда тира-сверизе цогидал солдатал риччалел ругони, дагъистаниязе инкар гьабулаан. Гьелда бан камулароан солдатазулги офицерзабазулги дандечӏей. Масала, цо нухалда дун ккана Белгородалда бугеб часталде. Дандчӏвана киналго дагъистаниялгун. Цӏехана гьезда бугеб ахӏвал-хӏал. Гьенив вукӏана Дагъистаналдаса 300-ялдаса цӏикӏкӏун солдат. Гьезде гӏайибги гьабулеб букӏана командирзабазухъ гӏенеккуларин абун. Хӏасил-калам, рачана дица гьел киналго, дидаго тӏаде жавабчилъиги босун, шагьаралде тира-сверизе. Гьабуна къотӏи: пуланаб заманалда аслияб майданалда ракӏареян абун. Бихьизабураб заманалда гьениве щвана дун. Рачӏун ратана солдаталги. Амма гьез гьабулеб бихьараб жоялъ гӏадаллъизехъин вукӏана. Аскӏосан унел руччаби толаро, ахӏдолаан. Гьединаб хьвада-чӏвадиялъул солдатал лъиеха бокьилеб увольнениялде ритӏизе?\nАхираб заманалда батӏи-батӏияб къимат кьолеб буго Афгъанистаналъул рагъулъ советиял солдатал гӏахьаллъиялъе. Доб заманалъул хӏисаб гьабидал бичӏчӏулеб буго, гьеб тадбир пачалихъалъе кӏудияб кӏварги магӏнаги бугеб иш букӏараблъи."}
{"slug": "7218-batiiyab-talikhi-allagasdagi-garilaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7218-batiiyab-talikhi-allagasdagi-garilaro", "title": "Батӏияб талихӏ Аллагьасдаги гьариларо", "date": "2020-02-19 12:18:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун руго Запир ва Гулжанат. Буго гьезул щуго лъимерги: ункъо яс ва цо вас.\nГулжанатица лъугӏизабуна кооперативияб техникум, амма хӏалтӏизе рес ккечӏо – цоцада хадуб гьабуна лъабго лъимер. Гьелго соназда лъугӏизабуна ДГПИялъул технологиялъулгун экономикияб факультет.\nЗапирицаги лъугӏизабуна ДГПИялъул математикаялъул факультет. Гьев хӏалтӏулев вуго ДРялъул МВДялъул транспорталъул отделениялда. Гӏемерал соназ гьев вукӏана кадрабазул отделалъул нухмалъулевлъун.\n— Щуабилеб лъимер гьабидал, нижее кьезе кколаан анцӏазарго гъурущ. Гьебги цӏакъго кватӏун кьуна. Тӏокӏаб батӏияб кумекги нижее гьабичӏо. Нужер гӏадинал хъизамал Махӏачхъалаялда гӏемер ругин абулаан кумек гьарун собесалде хитӏаб гьабидал. Щоларо нижее лъималазул пособиеги – хъизамалъе гӏураб хайир бугинги абун. Вас гьавураб мехалда щвана эбелалъул капиталги, — ян бицана Гулжанатица.\n2004 соналда босана гьез Семендералда ракь. Рес гӏолеб букӏинчӏо хӏалтӏи-пишаго гьабизе. Лъималазе, рукъалъе хӏажатаб къайиялда хадуй Гулжанат хьвадулаан Бакуялде. Кваниеги хутӏаралъеги хӏалтӏизабулаан росасе щолеб харж. Амма гӏолел лъималазе кколеб къварилъи бихьун, Гулжанат яхъана хӏалтӏизе. Ругьунлъана ретӏел лъутӏизе, букъизе. Хӏалтӏана юкъарухъанлъун, хадуб рагьана жинцаго ателье. Гьебги рагьун буго мухьдахъ ккураб бакӏалда.\nКӏудияй яс Аминатица лъугӏизабуна Гуманитарияб педколледжги ДГПИялъул психологиялъул факультетги. Айзанатица лъугӏизабуна Москваялда Финансазул университет. Фатима цӏалулей йиго Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул университеталда, юридикияб факультеталда. Мухӏамадги Рабигӏатги цӏалулел руго школалда.\nПачалихъалъул рахъалдаса щвезе кколеб кумек тӏалаб гьабуларо Габоваховаз. «Коммуналиял хъулухъазухъ кинабгӏаги бигьалъи гьабуларо нижее. Гьечӏо гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе кьолеб свидетельствоги. Кумек хӏисабалда, пачалихъалъ рес кьолебани дие хӏалтӏизе. Масала, ижараялъе ккураб рокъоб гуреб, дунго бетӏергьанаб бакӏалда букӏарабани дир ателье, щибаб моцӏалъ 15 азарго гъурущ тӏокӏлъилаан хъизамалъе.\nШукру Аллагьасе, ракъун-къечон, ратӏликъ хутӏичӏо. Лъимал кьурабго гӏадин, кьуна Тӏадегӏанас гьел хьихьизе къуватги ресги. Нижедасаги ресукъго гӏумру гьабулеб буго гӏемерал хъизамаз. Аслияб жо буго – хъизамалда парахалъи букӏин, лъималазул сахлъи. Аллагьасе рецц, захӏматал унтабаздасаги, квешаб хасияталдасаги цӏунана нижги нижер лъималги», — ян бицана гьелъ.\nНижер гара-чӏвари гьоркьоб къотӏизабуна школалдаса тӏадруссарал Мухӏамадицаги Рабигӏатицаги. Гьезие цӏакъ бокьун букӏана школалда ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ эбелалда бицине. Гьел рачӏиналдаса йохун, гьезда хурхун чӏана гьитӏинай Фирдасги – Аминатил яс.\nЦохӏо вугев Мухӏамад дагьавго гогьдаризавулев вуго инсуцаянги бицана Гулжанатица. «Нижер лъималазда лъаларо барщун рукӏине. Цоцалъ барщун ратараб мехалда, дица гьезие гӏадлу гьабулаан: нуж яцал-вацал кколин, цоцазе кумекалъе хӏадурго рукӏине кколин, цоцазулъ къацандизе бегьуларин абун. Амма Мухӏамадил рукӏуна цо-цо тӏалабал. Масала, жиндир расанкӏабазда цогидаз квер хъвазе бокьуларо гьесие, хасго чияр лъималаз. Жиндасаго чӏахӏиял ругониги, яцазул тӏалабалдаги вукӏуна гьев. Инсуца лъазабун буго гьесда: дун рокъов гьечӏеб заманалда мун ккола рукъалъул кӏудиявин абун», — ан бицана эбелалъ.\nКӏудияб хъизамалъул баракатлъун Гулжанатица рикӏкӏуна цоцазул адаб гьабизе лъимал ругьунлъи, эбел-инсул бадире ралагьун гьел гӏолел рукӏин.\n— Дир цо берзул балагьи гӏола ясазе. Диде данде жеги рагӏи абичӏо гьез. Гьединлъидал, къваригӏелалъ магӏарухъе аниги, къватӏир сардал раниги, дир ракӏ парахатго букӏуна. Дида лъала, лъималазухъа бажарула рукъ тӏубанги, вачӏарав чиясе гьоболъи гьабунги. Батӏиябги талихӏ Аллагьасда гьаризе намуслъула», — ян абуна гьелъ."}
{"slug": "7219-khiuzhabi-va-bayanal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7219-khiuzhabi-va-bayanal", "title": "Хӏужаби ва баянал", "date": "2020-02-19 12:33:28", "categories": ["obshestvo"], "text": "2019 соналда Махӏачхъалаялъул ЗАГСалда гьабуна 3800-ялдаса цӏикӏкӏун ригьин гьабиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай. Гьезул гӏемерисез хъизам гьабуна тӏоцебесеб нухалда.\n2020 соналъул январалдаги рехсараб ЗАГСалда къабул гьабуна ригьин гьабизехъин бугел гӏолилазул 500 гӏарза ва жеги 350 ригьнал хъвай-хъвагӏайги гьабуна.\nЩибаб моцӏалда батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабаз гӏуцӏула анцӏила щугониги цӏияб хъизам. Дагъистанияз ригьнал гьаруна СШАялъулги, Гӏизраилалъулги, Германиялъулги ва Великобританиялъулги гражданазулгунги. Машгьурлъун руго Кувейталъулги, Иорданиялъулги, Турциялъулги, Сириялъулги гражданазулгун ригьналги. Аслияб къагӏидаялда рехсарал улкабаздаса бихьиназе рачунел руго нилъер руччаби.\nРигьнал гьарулел руго 25-30 сон барал гӏолилаз. Гъоркьисала 81 сон барав чияс ригьин гьабуна 77 сон барай гӏаданалъулгун."}
{"slug": "7220-zaniyal-ul-bakialda-shprits-l-e-khabada", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7220-zaniyal-ul-bakialda-shprits-l-e-khabada", "title": "Заниялъул бакӏалда шприц лъе хабада", "date": "2020-02-19 12:47:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Щибаб соналъ уна дун эбелалъул хабаде щвезе. Иргадулаб нухалда гьение щведал, батана «цӏияб» хоб. Гьелде тӏаде къулун йигоан чӏегӏер барай гӏадан. Дун лъалхъана ва цӏалана зонода хъварал гьадинал мухъал:\nГӏумруялдасаги бокьула дий мак.\nНагагь дие хвезе хъван батани,\nЛъоге хабада щибго – лъе шприц,\nХабалъги уколал гьарила дица…\nЗаниялдаса дихъ ралагьун рукӏана гӏолиласул цӏик-цӏикарал берал. Разияб, аваданаб гьимиялъ гвангъараб гьумер. Ва дол кочӏол мухъал…\n* * *\nАртур вукӏана цо вугев вас. Гьитӏинго хъвалаан гьес кучӏдул, рахъулаан суратал. Эбел-инсуцаги хӏаракат бахъулеб букӏана гьесул гьунар цебетӏезабизе. Гьев витӏана суратал рахъиялъул школалде, хьвадизавуна литературияб клубалде. Амма балугълъиялде ваханагӏан, хисулеб букӏана хасият…\n* * *\nЦо къоялъ бахъана бетӏергьанчиясул гьаракь. Гьес цояб квер лъун бугоан рекӏеда. Гьурмал кьерги тӏун, гӏазухъахӏлъунги вугоан гьев.\n— Щиб ккараб? Ракӏищ? — янги абун, аскӏое йортана гьей.\n— Йилълъа, — янги абун, васасул рокъоре ана гьел.\nДобе-гьанибе бан бугоан васасул рокъоб къайи, столалда тӏад тӏиритӏун ругоан киналалиго къучӏби.\n— Гьале, гьесул компьютералъул системникалда жаниб батараб магӏдан! Дирго ноутбукги хӏалтӏуларого, досулалда хӏалтӏизеян щун вукӏана гьаниве. Рагьана… гьесул гьумералда батараб жоялъ хвезе дагьав хутӏана. Балагье… — янги абулаго, хӏалихъего бицунеб букӏана росас.\nКомпьютералда рагьараб васасул гьумералдасан гьелъухъ балагьун букӏана бидул кӏал цӏураб рокьукъаб сипат. Васасул цӏаралъул бакӏалдаги хъван букӏана «Бецӏлъи» абун.\n— Букӏине рес гьечӏо! Гьав чи дир вас гуро! Божуге гьалда мун! — ян лъугьана эбел.\nВасасул эмен, рекӏеда кверги лъовухъе, къватӏиве ана. Амма нуцӏилкӏалтӏе щведал, гӏощтӏоца къотӏараб гъветӏ кинниги, шапун ана.\n* * *\nМагӏирукъ лъугӏана. Бусадаса яхъинеги бокьулеб букӏинчӏо. Аскӏове вачӏана Артур. «Тӏокӏалъ киданиги, рагӏулищ, баба, киданиги дун гьезда аскӏове къаларо! Гьедула дун дуе!» — янги абулаго гӏодана гьев. Цин гьей гьесде ахӏдана, цинги «хирияв василан» каранде къана.\nУнеб букӏана гӏумру. Дос бухӏулаан, уколал гьарулаан, гьерсал рицунаан, гьаб ахирисеб нухалъин гьедулаан. Амма нахъеги добго рахъниве кколаан. Цо къоялъ Артурил компьютералъуе яккидал, «Кучӏдул» абураб папка рагьана. Гьениб батана сон хъвараб кечӏ:\n«…Дие гӏумруялдасаги бокьула мак…\nДагьабги гъоркьегӏан хъван бугоан: «Гьале гьадинаб хъвай-хъвагӏай бокьилаан дир заниялда букӏине…», — ян.\n* * *\n…Больницаялъул чӏарбида лагӏараб жоялъул махӏцараб хӏориниб батана кидаялиго гьалъул ракӏ чӏухӏизабурав васасул къаркъала. Гьесда сверухъ жидерго ишалда ругоан тохтурзабигун медсестраби. Гьай йортана васасде аскӏое, амма лъицаялиго ккуна ва нуцӏихъа къватӏие ккезаюна. Бащдаб сагӏаталдаса гурони нуцӏаги ричӏичӏо, кигӏан гьараниги. Чӏарбидасан гьелъухъ ралагьун рукӏана хӏинкъиялъ гӏатӏилъарал хирияв васасул берал. Интернеталда «Бецӏлъиян» цебе лъураб сипаталда релълъун букӏана гьакӏахъего хутӏараб кӏалги…\n* * *\n…Къобухӏарай эбелалъул ракӏ батизабиялъе щибго абун бажаричӏо дихъа. Йигелъуй гьейги тун, бигьа гьабун нахъе ана дун…\nАллагьас цӏунаги гьединал балагьаздаса."}
{"slug": "7221-giilla-gechiogo-chiuntularo-rosabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7221-giilla-gechiogo-chiuntularo-rosabi", "title": "Гӏилла гьечӏого чӏунтуларо росаби", "date": "2020-02-19 13:11:32", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "16 декабралда «Хӏакъикъаталъул» редакциялда тӏобитӏараб магӏарулазул интелигенциялъул данделъиялда Магӏарул автономиялъул нухмалъулевлъун вищарав Мухӏамад Мухӏамадовас гьабураб «Магӏарул росаби чӏунтулел руго» абураб каламалда тӏасан бокьун буго дирго пикруги загьир гьабизе.\nМухӏамадица гьениб абуна: «Хӏукуматалъул кумек гьечӏони, захӏмалъила росаби цӏунизе. Щартӏал гьечӏел бакӏазда гӏумру гьабун чӏаян чиясда абуни, мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гочинеян жаваб кьезе рес буго. Амма магӏарухъ росаби цӏуничӏони, гӏатӏиракьалда нилъерго мацӏги цӏарги тӏагӏуна», — ян.\nДунги рекъола гьеб пикруялда тӏад. Амма буго цогидабги рахъ – магӏарухъ росаби цӏунизе рес гьечӏолъи. Киналго гуро магӏарухъа гьадинго яги бигьаяб гӏумру гьабизе бокьун лъарагӏлъиялде гочарал. Инсул росуги тун къватӏире рахъине кколел руго чара къосиналъ. Масала, 1965 соналда эменги хун хутӏана ниж, щугоял. Росулъ цебесеб гӏагарлъиги нижер букӏинчӏо. Гьединлъидал эбелалъ хӏукму гьабуна гӏагарлъиялде аскӏоре, Гъизилюрталде рахъине. Гьеб мехалда росдал гӏадамал гӏажаиблъи гьабунги рукӏана: «Гьалъ гьабулеб жо щиб, ай кие, щуго лъимергун?» — ан гаргадулаан. Эбелалъ гьезда абулеб жо букӏана цо – росулъ ругони, лъималазул цӏалиги лъугьинехъин гьечӏин, гӏи-боцӏуда хадур хутӏизе ругин абун. Доб мехалда гьелда лъалеб букӏинчӏо, чанго соналдасан цогидалги гӏатӏиракьалде рачӏине рукӏин…\nДоб мехалда нижер гьитӏинабго росулъ лъебергоялдаса цӏикӏкӏун цӏараки букӏана. Гьезие хӏалицаго гӏолаан рекьизе хурзалги. Гьебги букӏана чабахх гӏемерал, бачӏин щоларел ракьал. Гӏи-боцӏи хьихьизеги кӏудияб рес букӏинчӏо. Къватӏире рахъун яги колхоз-совхозалъул гӏи-боцӏуда хадур ун, щивас гьабизе кколаан бетӏербахъиялъе гӏамал. Гьединаб хӏалалда лъебералда хадуб цӏараки хӏебтӏараб росулъ рес букӏинчӏо тӏаде цӏаракиял гӏезеги, гӏолохъабаз магӏишат гьабизеги.\nРосулъ абуни, хутӏарав чи гӏемер гьечӏо. Хадубккун гӏатӏиракьалде гочарал гӏолохъабаз бицана, мина балезе къотӏизе чӏалу-рахиги хутӏун букӏинчӏила, хурул бутӏаги щолароанилан. Гьединабго къварилъи букӏана гьекъолеб лъелги, магъилги, цогидалъулги. Гьелдасаги нилъеда бихьула, гӏадамал гӏемерлъун, магӏишаталъе ресал росабалъ гьечӏеблъи. Рехсараб хӏалалда рукӏиналъ нижер ташдерил гьитӏинабго кӏкӏалахъа тӏагӏана Лъаратӏа районалда рукӏарал гӏисинал росабиги – Синида, Нихьлида, Хьобохъ, Шидиб. Тӏагӏине гӏемераб жо хутӏун гьечӏо Тӏамуда, Хӏокьо, Тӏинчуда росабазулги. Гьединал мисалал жеги рехсезе бегьула.\nГьайгьай, гьеб суал борхизе ва гьоркьоб лъезе мустахӏикъаблъун бихьула. Амма гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏун кӏвар кьезе ккун буго магӏарухъа гӏодоблъиялде рачӏараз гӏадат-гӏамалги, яхӏ-махӏги, мацӏги, культураги цӏунизе ккеялдеги."}
{"slug": "7222-kumek-khiazhat-bugo-nil-er-shchivasul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7222-kumek-khiazhat-bugo-nil-er-shchivasul", "title": "Кумек хӏажат буго нилъер щивасул", "date": "2020-02-19 13:17:19", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Нусгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе Чирюрталдаса Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде шагьранух бахъизе ракӏалда букӏун буго пачаясул хӏукуматалда. Амма граждан рагъги цогидал гӏиллабиги сабаблъун, гьеб проект кагътидаго хутӏанин абун бицуна. Анцӏго соналъ цебе «Новое дело» газеталда хӏалтӏулев вукӏарав Сулейман Сулеймановас хъвараб макъалаялда бицунеб букӏана, анлънусго миллион гъурщиде Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏорил рагӏалккун нух бахъизе бегьулаанин ва гьеб мехалда гендерил тоннельги бахъизе кколароанин. Гьеб макъалаялъ ахӏи-хӏурги бахъинабун букӏана республикаялда.\nКин батаниги, анкьго соналъ цебе Бузнаса нух бахъиялде тӏаделъана Болъихъа Дибиров Мухӏамадкамил. Гьес балагьана техникаги, ралагьана хӏалтӏухъабиги. Хӏажат букӏана гӏарцулаб кумек. Гьеб рахъалъ Мухӏамадкамилие кумекалъе вачӏана республикаялъул пачалихъиял хъулухъазда хӏалтӏарав Мухӏамадов Набиюлаги. Лъабго соналъ цебего хӏадурун буго Сулахъ гӏор байбихьулеб бакӏалда лъезе кьоги. Жакъа къоялде, нухалда харж гьабизелъун, бакӏарун буго 50 миллион гъурущ. Кинаб росулъа кигӏанасеб къадаралда гӏарац бачӏарабали мухӏканал баянал руго Мухӏамадкамилихъги.\nЛъабго лъагӏелалъ цеве дун щвана гьеб нухалъухъ халгьабизе. Трактористаз гамачӏгун ракьги чӏехьон, цӏезабулеб бугоан кӏкӏал. Гьеб букӏана 300 метралъул халалъиги 60 метралъул гъварилъиги бугеб бакӏ. Гьединаб къагӏидаялда кӏкӏалалги рахчизарун, къокълъизабулеб букӏана нухлул гӏаммаб халалъи.\nБузнаса нухалъул хӏакъалъулъ\nчанцӏулго хъвана «Хӏакъикъа-талъги». Гьеб буго тӏолго магӏарулазе хӏажатаб нух, гьединлъидал нилъеца хӏаракат бахъизе ккола гьелъие кумек гьабизе.\nГьеб ишалъе квербакъеян абун, дица хабар гьабуна чанги чиясулгун – районазул бутӏрузулгун, ресалда ругел магӏарулазулгун, къадруял жамагӏатчагӏазулгун. Гьезул гӏемерисез рахъги ккуна. Амма камулел гьечӏо, ниж гьенисан хьвадизе гьечӏинги абун, чӏухӏарал рагӏаби рехулел гӏадамалги.\nЦӏигьабун гӏуцӏиялъул соназда Бежтӏаса Къебедов Мухӏамадил хӏаракаталдалъун бахъана Гуржиязул Къварели районалде шагьранух. Гьеб мехалда лъалаго лъикӏлъулеб букӏана халкъалъул гӏумругун магӏишатги.\nБузнаса нухалъулги бугеб кӏвар бичӏчӏизе ккела нилъеда. Лъикӏаб букӏинаан, нух бахъиялъе кумек гьабеян абун, щибаб росдал мажгиталъул имамас вагӏза-насихӏат гьабуни."}
{"slug": "7223-bertsinab-k-ismatal-ul-giadan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7223-bertsinab-k-ismatal-ul-giadan", "title": "Берцинаб къисматалъул гӏадан", "date": "2020-02-19 13:33:37", "categories": ["insan"], "text": "Исана 20-абилеб марталда Салтӏаса Аминатица тӏубала 100 сон. 1939 соналда ана гьей ригьнаде, росуцояв Гӏабдулхӏамидие. Гьезие гьабуна щуго лъимерги.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьидал, ватӏан цӏунизе ана Гӏабдулхӏамидги. Моздокалда ккарал рагъазулъ лъукъарав гьев ватӏаналде тӏадвуссана. Халтӏана школалда учительлъунги, советалъул секретарьлъунги, колхозалъул бухгалтерлъунги.\n— Рецц Аллагьасе, рос чӏаго-гӏатӏго тӏад вуссана рагъдаса, лъималазе щвана лъай, гьезул буго жидерго хъизан-рукъ. Дир руго 12 лъималазул лъимал, гьезулги – анцӏго лъимер, гьезулги – 5 лъимерги. Тӏокӏабги щибха къваригӏинеб чӏужугӏадана-лъе, талихӏайлъун йикӏине ккани, — ян абула Аминатица.\nРакӏ-ракӏалъ гьарула гьеб талихӏаб хъизамалъул гъасда цӏа цӏунун йигей дахӏабаба Аминатие сахлъиги сахаватлъиги, гьелъул лъималазе — талихӏаб гӏумру, хӏалтӏулъ – икъбал."}
{"slug": "7224-dir-giumrudul-murad-mazhgital-raj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7224-dir-giumrudul-murad-mazhgital-raj", "title": "«Дир гӏумрудул мурад – мажгитал рай»", "date": "2020-02-20 06:06:16", "categories": ["history"], "text": "Республикаялъул «Народная газета», «Медицина Дагестана», «Молодежь Дагестана» ва гьанже «Хӏакъикъат» газетазда хӏалтӏулаго, дун гӏемер дандчӏвана жигарал жамагӏатчагӏигун, анцӏ-анцӏ макъалаби ва очеркал хъвана жидерго росдае, районалъе, Дагъистаналъе пайдаял ишал гьарурал лъикӏал гӏадамазул хӏакъалъулъ. Амма гьав кутакалда намусав, анцӏго нухалъ тӏад руссун гурони гаргадизавизе кӏоларев, кӏалдиса щибаб рагӏи битӏахъе «гъецӏалъ цӏан бахъизе» кколев чиясул хӏакъалъулъ хъвазе къасд ккаралдаса лъагӏелги бащдабги ана дир. Ва щибаб нухалда щаялиго битӏ кколароан. Рецц-бакъ рихарав, жинцаго гьабулеб иш гӏей гьечӏеблъун, загӏипаблъун, расги гуреблъун рикӏкӏунев, кваранаб квералъ кьолеб садакъа квегӏалда лъазе кколарин абураб жоялда гъваридго божулев Гъазимухӏамадица гьаб нухалдаги хӏаракат бахъулеб букӏана нижедаса ворчӏизе, газеталда хъвазеги цӏалдолезда лъазеги жиндаса нусго нухалъ мустахӏикъал чагӏи гӏемерал ругин нижер ракӏчӏезабизе.\n…Магӏарухъа эхеве вачӏунев Гъазимухӏамадица машинаялда\nрекӏинаюна нухда ятарай кӏиго чӏужугӏадан.\nЦоялъ кутакалда ракӏхун бицана дагьав цеве гьабго шагьранухдаса вехе арав гӏагарав чияс жал гъоркь танила, тӏадежоялъеги гьесда лъалаанила жий унтарай гӏадан йикӏин.\n— Щиб дур унтараб жо, диналъул яц? — илан гьикъана гьас.\n— Кӏиябго ургьисалаб,-илан жаваб кьуна, щакърахунаго нухлулалъ. — Дие тохтурзабаз операцияги гьабун лъун букӏараб эбелалъул ургьисалаб данде ккечӏо, гьанже халккун йиго Москваялдаса донорасул хабар кидадай бачӏинаян.\nМашинаги лъалхъизабун, гьас унтаралъухъе анцӏазарго гъурущ кьуна, жиндир садакъа бугила гьеб Аллагьасе гӏоло ракӏ-ракӏалъ гьабулеб.\nМахӏачхъалаялде щолеб бакӏалда унтаралъухъе телефоналъ кӏалъан рачӏана. Гьай, тӏатӏалаго чанго нухалъ лъиеяли баркалаги кьун, гӏек-гӏекиялда гӏодизе жуяна.\n— Щиб ккараб жо, щай мун гьеб хӏалалда гӏодулей? — илан гьикъана, щибго бичӏчӏуларев гьас.\n— Йохиялъ гӏодулей йиго, гьале Москваялдаса ахир-къадги рохалилаб хабар бачӏана дие донор ватанилан ва кӏиго къойидасан дун операциялъе больницаялде щвезе кколилан. Кигӏан лъикӏха ккараб жакъасеб дур кумек, метер самолеталъе билет босила,- ян абуна унтаралъ.\n— Дур банкалъулаб карточка бугищ, яц?\n— Буго.\n— Кье дихъе номер…\nГьеб къоялъ тӏоцее йихьарай, кӏиго сагӏаталъ жиндир машинаялда рекӏун лъарай унтарай гӏаданалъул карточкаялде 50 азарго гъурущ битӏана Тӏадегӏанав Аллагьасул мутӏигӏав лагъ, дунялалъул тӏолабго жоги кӏочон, кӏвараб, бажарараб лъикӏлъи чиясе гьабизе ният-къасдалда къойилго рокъоса къватӏиве вахъунев гӏадилав муъминчи Муниса Гъазимухӏамадица.\nГьеб буго нус-нус гьединал мисалаздаса цо гьитӏинабго мисал.\n— Гъазимухӏамад вуго гӏемеразда жиндир сахавалъиги, хӏалимлъиги, гӏаданлъиги гӏорхъолъа борчӏа-раблъун, божизе ва букӏине рес гьечӏеблъун бихьулев, гӏажаибго иманги ияхӏги бугев, цӏакъ Аллагьасукьа хӏинкъулев инсан, — илан бицунеб буго гьесул гьудул ва росуцояв Хӏусеница рази-ракиго. — Нужецаго хӏисаб гьабеха, гьес жакъа къоялде щвезегӏан бан буго 16 мажгит. Ва щибаб къойил гьарулебги буго Бетӏергьанасда 33 мажгит базегӏан ракьалда жиндие гӏумру кьейилан.\n— Батӏаго 33 щай? — илан гьикъана дица, цӏакъ калам дагьав, щибаб щу-щу минуталдаса «Аллагь гурхӏаги нилъеда», — йилан такрар гьабулев Гъазимухӏамадида жиндаго.\n— Чӏумазул къадарги щибаб къойил щуябго какда хадусел азкаразда 33 нухалъ рехсолеб Субхӏаналлагьгун Алхӏамдулиллагьги ракӏалде щунха,- йилан гьимана гьев.\nКинха вокьиларев гьединав чи, кинха чӏухӏичӏого, разилъичӏого рукӏинел гьесдаса?\nГьеб параялъ дир бадиб ххулана рохалил магӏу…\nГӏемералго гӏадав гӏадатияв вас Гъазимухӏамад гьавуна ва гӏуна Болъихъ районалъул Муни росулъ, ахихъабазул хъизаналда.\nГӏагараб росдал школалдаги цӏалун, пикру ккана шагьаралде ине, гӏумру бихьизе. Бухьана сапар Махӏачхъалаялде. Бана гьениб, сундулго рахъалъ я нахъеккей гьечӏеб, я лъалеб, бицине гӏадаб туркӏи, цебетӏей гьечӏеб, анкьго сон.\n2007 соналъ къисматалъ гьав вачана Гъизляралде, Краснооктябрьское абураб, федералияб шагьранухда аскӏоб бугеб, росулъе. Гьениб, «Гӏали Мубарак» абураб, цо гьитӏинабго ашбазги рагьун, байбихьана яшав-иш гьабизе.\n— Кафеялъул иш данде билълъиндал, Аллагьас дун гьесизавуна гьениса щолеб пайда-хайир мискинал чагӏазда квер чӏваялъе ва мажгитал раялъе хӏалтӏизабизе, — ян бицунеб буго «Гӏали Мубаракалъул» хважаинас. — Дица тӏоцебесеб гьитӏинабго мажгит бана кафеялда аскӏоб.\nКъанагӏатги ватиларо жакъа Гъизляралъул ракьалда «Гӏали Мубарак» ашбазги гьелъул сахаватав хважаинги лъаларев, цо нухалъниги къисматалъ гьевгун дандчӏвазавичӏев чи. Гьайгьай, аза-азар кафеялги, рестораналги, рес бугел, миллионазулъ лъедолел, гӏадамалги гӏезегӏан руго нилъеда сверухъ. Амма цӏакъ дагьал руго гьаб байтулман дуниял расги гуреб, чӏобогояб жо букӏиналда ракӏги чӏун, унго-унголъун Аллагьасдеги руссун, щибаб бакъул къо, щибаб дакъикъа дарман тӏагӏаразе, дунялалъул рокъоб гӏакъуба-къварилъи, ракъи-къеч лъаразе сайгъат гьабулел бусурбаби.\nХадусеб мажгит – Гъизляр шагьаралъул аслияб больницаялда жаниб ва гьебго районалъул Краснооктябрское росдал школалда аскӏоб.\nГъуниб районалъул росабалъа рачӏарал чагӏаз гӏумру гьабулеб Тельман росулъ букӏана тӏох лъеялде щвезегӏан бараб, сурсатал лъугӏун, чӏезе тараб мажгит. Росулъ мажгит гьечӏолъиялъ, диниял тадбирал тӏоритӏиялъе гьеб росдал гӏадамазе бугеб квалквалги бихьун, Гъазимухӏамадица гьеб хӏалтӏи жиндего тӏаде босана ва, къокъаб заманалда жаниб, мажгит бан-къачӏан бахъинабуна. Гьебго районалъул Мулла-Гӏали абулеб росулъги букӏана гьединабго къисматалъул мажгит, Гъазимухӏамадица гьебги бан рагӏалде бахъинабуна.\nГъизляралъул рагӏалда бугеб МЖСалъул дачабазул авалалда букӏана мажгит базеян къадал рорхун хутӏараб кирпичалъул къали, гьесул чӏаголъиялдалъун жакъа гьебги хӏалтӏулеб буго.\nЖиндирго гӏагараб Муни росулъ Гъазимухӏамадица къачӏана кӏиго авал мажгит, цоялда тӏад тӏох гьабуна, кӏиабилеб – жанисан къачӏана.\nГӏандибе унеб нухда аскӏоб, 12-гӏанасеб цӏараки бугеб мунисезул Рушуха абулеб колода бана гьитӏинабго мажгит. Гьединго, гьенибе лъим бачун, гӏадамазе букӏараб къварилъи тӏаса инабуна.\nГъазимухӏамадил лъикӏал ишазул хӏакъалъулъ хабар Дагъистан бахун къватӏибги рагӏун буго. Масала, Армавир шагьаралда мажгит базеги гьенибе лъим бачинеги гӏарцул кумек къваригӏун бугилан, телефоналдаса гьесухъе кӏалъана Шамил абулев магӏарулав, гьай-гьай, Гъазимухӏамадица гьенибе гӏарац битӏана.\nГъизляралдаса цо кӏодоца бакӏарараб гӏарацги хӏалтӏизабун, шагьаралъул поликлиникаялда жаниб бана гьитӏинабго мажгит. Косякина росдал школалда жаниб гьес гьабуна как баялъе санагӏатаб рукъ, Черняевка росдал школа-интернаталда аскӏоб балеб мажгитги лъугӏулеб буго.\nГъизляралъулаз абула, Гъази-мухӏамад жидер «Хехаб кумек» вугилан. Больницаялде регизе, операция гьабизе къваригӏарал мискинал-язихъал чагӏазе гьес гъираялда кумек гьабула. Гьесул гьари лъицаха нахъ чӏвалеб?\nШагьаралъул больницаялъул хирургияб отделалъул заведующий, Шехуца гьес витӏарав бокьарав чи хабар гьечӏого больницаялда вегизавула. Гьединго гьабула цогидал тохтурзабазги.\nЖинца кафе рагьараб 2010 соналдаса нахъе, щибаб кӏалккул моцӏалда, маркӏачӏул как ахӏаралдаса рогьалил как ахӏизегӏан, Гъазимухӏамадица, миллат, дин цӏехечӏого, ункъо-щуго батӏияб тӏагӏам кьун, щибаб къоялъ чӏорого кваназарула гӏадамал.\nГьабсагӏат Гъазимухӏамадица Болъихъ росулъ балеб буго нусго чияс цадахъ как балеб, кӏитӏалаяб авал мажгит.\n— Дида хъизан-рукъцин кӏочона\nцо-цо мехалъ, дир кинабгӏаги интерес, рекӏел цӏайи букӏунаро дунялалъул бечелъиялдехун. Алхӏамдулиллагь, бетӏералда тӏох буго, тӏокӏаб щибниги хӏажат гьечӏо. Дида кӏолаан кӏалгӏабиги разе, хири-хириял машинабиги росизе. Амма дир ракӏ гьел жалазде цӏаларо. Дун Бичас гьетӏизавуна, кантӏизавуна мискинчиясухъе кумекалъулаб квер бегьиялде. Гьелдаса кӏудияб рохелги талихӏги дида лъаларо,- ян бицана гьес диргун букӏараб гара-чӏвариялда. — Дун разияб лъабго лъимерги кьун, кӏодоги гьавуна дун Халикъас. Гьитӏинав вас Шамил гӏумру гьабун росулъ вуго, кӏудияв Гӏабдула ккола дир кумекчи, дун гьечӏеб мехалъ кафеялъул хӏалтӏи гьесда тӏад букӏуна. Бер ккеялда хӏинкъарай дир яс Патӏимат йиго иманги адабги бугей гӏадан. «Лъади лъикӏав-лъикӏав, лъади квешав-квешав», — ан абула магӏарулаз. Лъикӏаздасан лъикӏай лъади кьун, Аллагьас рази гьавурав чи ккола дун. Мажгитал раялъул хӏалтӏабиги садакъа кьеялъул ишги дица лъади Загьрал разилъи цӏехечӏого гьабуларо, нилъер диналда рекъон, гьабизеги бегьуларо. Гьелъ абула: «Аллагьасе гӏоло хвезабураб бечелъиялда дир дагӏба букӏунаро. Дунги хола дунялалъул боцӏиги гьанибго тун».\nЛъималазул кӏиго васги лъабго ясги ккола дир берзул нурги, дунялалъул рохелги, метериселде бугеб божилъиги. Лъималазда берцин бихьула дица мажгитал райги гьарулел гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиралги. Мискинал, къварилъиялде ккарал чагӏазе вас Гӏабдулацаги бажарараб садакъаялъулаб кумек гьабула.\nРачӏаха Гъазимухӏамад Гъази-мухӏамадов лъикӏго лъалез, щибаб къойил гьесул квер босулез, гьесдаса кумек-квербакъи щвараз бицунелъухъ гӏин тӏамизин.\nБадрудин-Хӏажи, Муни росулъа динияв гӏалим, Гъазимухӏамадил насихӏатчи:\n— Гьесул берцинаб гӏумруялъул бицунел рагӏаби ратуларого вуго дун.\nГъазимухӏамадилги дирги кидаго камичӏеб бухьен букӏуна ва гьес щибаб гали диргун дандбан тӏамула.\nМагӏишатияб рахъ босани, Аллагьас гьесиеги кьун буго, кьураб гӏадамазе пайдаялъе гьесги хӏалтӏизабулеб буго. Щибаб динияб тадбиралдаги гӏахьаллъула гьев, Гӏарабиязулъа рачӏунел делегациябазда дандчӏваязулъги вукӏуна.\nХӏисаб гьечӏо, гӏорхъи гьечӏо гьес гьарулелщинал лъикӏал ишазе.\nСтанислав Облов, Гъизляр шагьаралъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур:\n— Кутакалда сахаватаб ракӏалъул, рикӏкӏен гӏемерал ишазул хважаин вуго, Гъазимухӏамад. Гьесдаса гӏаданлъи цӏикӏкӏарав чи дида жеги дандчӏвачӏо. Дица нухмалъи гьабулеб шагьаралъулаб больница кӏиго лъагӏелалъ дарабаздалъун хьезабуна гьес. Больницаялда бана кӏудияб мажгит — 100 чияс жаниб как базе рес бугеб.\nСордо-къоялда жанив бокьараб кумекалъе вахъун чӏарав чи вуго Гъазимухӏамад. Рагӏана гьабсагӏаталда жиндирго гӏагараб Болъихъ районалда мажгит балев вугилан.\nКъутӏбудин Къутӏбудинов, Гъизляр районалъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур:\n— Къанагӏатаб жо буго гьединаб щулияб иманалъул инсан нилъер заманалда ракьалда вукӏин. Цониги квешаб рахъ, цониги нилъ разилъулареб хасият гьечӏо гьесулъ. Гъизляр районалъего баракат бугев чи вуго. Шагьаралъулаб больницаялда мажгит бана, гьединабго базе бокьун букӏана райбольницаялдаги. Амма нижер гьелъие гӏураб ракь гьечӏо, гьединлъидал гӏей гьабуна как балеб рукъ баялда. Гьес, лъидего ккезе течӏого, тӏуразарула больницаялда хварал чагӏи чуриялъул, гьезда мусру баялъул суалал ва капек гӏарац босуларо лъидасаниги.\nИбрагьим Гӏалиев,\n23 соналъ Гъизляралъул шагьаралъулаб больницаялъе нухмалъи гьабурав.\nГазеталда хъвазе бищун ярагьунев инсан вуго. Исламияб рахъги камилав, кидаго чорхолъ ияхӏги камичӏев, унго-унгояв бихьинчи. Язихъазе квен-тӏех кьола, кьогӏаб къисматалъул бесдалазе ретӏел-хьит босула, мискиназе садакъа бикьула.\nПалхӏасил, гӏадамазде рокьи бугев, кутакалда баракатав, магӏнаяв муъминчи вуго. Алжан насибав чи ватилин тола дицаго гьев.\nШамил Сагӏидов, Краснооктябрьское росдал администрациялъул бетӏер.\n— Нижеца киназго кодовги ккун хьихьизе кколев чи вуго гьев. Магӏарул мацӏалда ругелщинал лъикӏал рагӏаби сайгъат гьарилаан дица Гъазимухӏамадие. Живго вакъун-къечон чӏунги мискин-пакъирзаби кваназарула гьес. Нусго соналъул гӏумруги щулияб сахлъиги гьарула нижеца гьев унго-унгояв, гӏадатияб халкъалъе гӏоло хвезеги хӏадурав магӏаруласе. Нужееги кӏудияб баркала гьединав ракӏ гӏатӏидав, гӏамал берцинав нилъерго миллатцоясул хӏакъалъулъ газеталда макъала хъвазе пикру ккарал.\n…Нижеца хурхен гьабун букӏана дой гьас кумек гьабурай унтарай гӏаданалъулгунги. Гьелда цӏар бугоан Сидрат. Росу-ракь рехсезе гьелъие бокьичӏо, амма ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабуна Гъазимухӏамадие. Кидагоялъе гъваридаб адаб хутӏилила жиндир гьев тамашаго ракӏ лъикӏав чиясдейиланги абуна гьелъ.\nЛъикӏаб бухьен буго Гъази-мухӏамадил Дагъистаналъул Бусурбабазул идараялъулгун ва живго муфти Ахӏмад-хӏажи Афандиясулгун (къ.с.) Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гьалъал суратазги.\nЖиндир 50 сонилаб гӏумруялда жаниб гӏаракъи-чагъир гьекъарав чиги гуро гьев.\n…Ахиралде щвана нижер гара-чӏвари.\nАхӏана маркӏачӏул как ва ниж рилълъана редакциялъул как балеб рокъоре.\nЖанибе гали бегьарабго, гӏеккеялъ тӏогьиллъи рехарал къадазда берги щвезабун:\n— Нужеца изну кьуни, ин ша Аллагь дица гьаб рукъ месед гӏадин къачӏазе буго, — ян абуна гьоболас.\nРосана кверал, гьабуна къотӏи ва лъабго къойил болжалалда жаниб ниж божулареб хӏалалда цӏи гьабураб Аллагьасул рукъалъул кӏулал кьуна гьес нижехъе.\nГӏумруялъего нижер рекӏелъ кӏочонареб лъалкӏги тун, редакциялдаса арав сахаватав инсан, исламияб нухдаса кьуричӏого гали цебе тӏамулев тӏокӏкӏарав муъминчи Муниса Гъазимухӏамадов Гъазимухӏамадил хӏакъалъулъ ракӏ-ракӏалъ хъвараб гьаб макъала бахъулеб буго нижеца жакъа газеталда.\nТӏубараб тӏехь хъвазеги тӏолалго рес бугел чагӏазги мисал босизе мустахӏикъав чи вуго гьев."}
{"slug": "7225-besdal-ebel-guro-dun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7225-besdal-ebel-guro-dun", "title": "«Бесдал эбел гуро дун»", "date": "2020-02-20 06:16:47", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъа Зада Макъсудовалъе, школалда цӏалулеб заманалдаго, бокьун букӏана учительлъун яхъине. Микьго классги лъугӏун хадуб цӏализе ине йигин абидал, инсул яцгӏалалъ абун буго: «Къантӏа Гӏисал рокъов шайих вахъараб гӏадаб жо ккелин, нилъер цӏаларав чиги вукӏинчӏин, гьелда ракӏалде ккараб жо щиб?» — ан абун. Амма гӏолилалъул рекӏел хӏалги бичӏчӏун, эбелалъ ихтияр кьуна.\n«Бищун кӏудияй мунги цӏализе ани, рокъоб дие кумек лъица гьабизе бугебилан къварилъахъдулаан гьей. Гьеб соналъ гьавурав гьитӏинав васги вукӏана гьелъул. Дица абуна, харил гьадаб цо бакӏ цӏезабилин дицайилан абун. Хъахӏлъи барабго яхъун унаан харибакӏалде. Хъандироялъ бецун, баччун чӏезабуна эбелалъе хасалие гӏураб хер. Рохел бихьарал чагӏи рукӏинчӏо дир эбел-эмен. Бесдаллъи бихьана кӏияздаго. Дун бищун кӏудияй йикӏиналъги батила, дидехун ракӏ бан рукӏунаан гьел», – ан бицана Задаца.\nБищунго захӏматаб дарс\nАна цӏализе. Байбихьуда цӏакъ захӏмат букӏана. «Дида бичӏчӏана, гӏурус мацӏ лъазе кколеблъи. Пед-училищалда хӏалтӏулев вукӏана Загьид Гӏумарович абун Лак районалдаса преподаватель. Гьес дида малъана гӏурус мацӏ бигьаго лъазабулеб къагӏида. Гьес абуна, классиказул тӏахьалги цӏалун, гьел тет-радалда хъвайилан. Гьабуна гьес малъухъе ва лъикӏал къиматал щвезе байбихьана», — ан ракӏалде щвезабуна Задаца.\nПедучилище лъугӏидал, хӏалтӏизе йитӏана Унсоколо районалде. Гьел соналго гӏадин, хинаб асаргун ракӏалде щвезавула Задаца хехго гӏумруялдаса ватӏалъарав росги. Иштӏибури-Колоб хӏалтӏулеб заманалда, цадахъ довеги ви-лълъун, рукъалъул тӏалаб гьабулаан Гӏабдулагьица. Лъабго сон индал, Макъсудовал тӏадруссана гӏагараб районалде. Хӏалтӏизе байбихьана Гъоркь Кӏогьориб росулъ. Гьениб букӏана байбихьул школа. Гьеб букӏана 1976 сон. Гьебго соналда Макъсудовалда тӏадкъана школалъе нухмалъи гьабиялъул ишги. Гьелдаса нахъе йиго Зада рехсараб школалъул директорлъун.\nШкола букӏана пихъил консерваби гьарулеб заводалъул хӏалтӏухъабазул общежитиялъул кӏиго рокъоб хӏебтӏун. Гьелъул цӏалдохъабилъун рукӏана заводалъул хӏалтӏухъабазул лъимал. Задаца районалъулги заводалъулги нухмалъиялда цебелъуна школалъе цӏияб мина баялъул масъала. Гьелъул бицун хъвадарана республикаялъул идарабаздеги. Ахирги совхозалъул директорлъун вукӏарав Гумбет районалдаса Гӏарипов Мухӏмадил квербакъиялдалъун бана школалъе минаги.\nЦӏияб школа бана – улка биххана\nШкола хӏалтӏизабиги кӏудияб улка биххиги цадахъ ккана. Чанги гьабун рагӏалде бахъинчӏеб хӏалтӏи хутӏун бугониги, къабул гьабуна Зада Макъсудовалъ школалъул мина. «Рукӏинчӏо гордал, нуцӏби, классал хинлъизаризе рес. Росас къачӏана гордал, кумек гьабуна чӏарбида ва мокърукь хъарщи кьабизеги», — ан бицана гьелъ.\n1996 соналда байбихьул школа-лъул гьабуна аслияб лъай кьеялъул школа ва 2000 соналда – гьоркьо-хъеб. Школалъе кьуна Афгъанистаналда хварав, Багӏараб Байрахъалъул орденалъе мустахӏикълъарав Ибрагьим Ибрагьимовасул цӏарги.\nГьабсагӏаталда школалда вуго 67 цӏалдохъан. «Школа рагьулеб къоялъги районалъул администрациялъул бетӏерас абулеб букӏана, цебетӏеялъе ресго бугодай гьелъулилан абун. Дицаги гьесие рагӏи кьуна божударекӏкӏ гьабиларин. Яхӏ бахъана лъикӏ хӏалтӏизе. Районалъул пуланаб школалда лъикӏав учитель вугин рагӏарабго, хӏаракат бахъулаан гьев гьанивги хӏалтӏулеб къагӏида батизе. Гьедин гьанир хӏалтӏулел руго Хьиндахъа, Хӏотӏочӏиса, Ругъжаса, Тӏаса Гъуниса ва цогидал бакӏаздаса учительзаби. Музыкаялъул учитель вачана, масала, музыкалияб алаталда бакънал рачине махщел бугев вукӏун – лъималазда чӏагояб бакъан рагӏизе. Рисованиеги кьола художникас. Рамазан Гъазимухӏамадов вачана Хӏутниса. Гьев вуго республикаялъул учительзабазул къецазул гӏахьалчи. Гьединайго пагьмуяй, хасаб методикаялда рекъон хӏалтӏулей филолог йиго Мадина Шагьоваги – гьей хӏалтӏулей йикӏана Гъуниб росдал школалда. Щибаб дарсил махщелчи вугони, лъималазе щола камилаб лъай. Гьеб буго нижер коллетивалъул аслияб масъала», — ян бицана Зада Макъсудовалъ.\nИнтернат гьечӏониги…\nГьелъул рокъоб гьабсагӏаталда буго 22 лъимер. Гӏемерисезда ракӏалде кколеб буго Гъоркь Кӏогьориб росулъ гӏадатияб школа гуреб, школа-интернат бугин абун. Амма интернат гьениб гьечӏо. Гӏумруялъул захӏматал шартӏазде ккарал хъизамаздаса лъимал рачуна Задаца хьихьизе. «Цояз босула, мисалалъе кредит. Гьеб бецӏизе бажаруларого, хӏажаталлъун ккола рикӏкӏаде хӏалтӏизе ине. Цогидазухъа бажаруларо лъимер хьихьун – ресукълъиялъ, школалде унаго, лъимадуе ретӏел-хьит босизе киса гурин, кваниецин гӏарац гӏоларел хъизамал гӏемер руго нилъер. Лъаб-абилезе, жидеца гӏумру гьабулеб бакӏалда школа гьечӏолъиялъ яги гьеб гӏицӏго байбихьул лъай кьолеб букӏиналъ, рес кколеб гьечӏо лъимер цӏализабизе. Ункъабилел рачӏуна, жидехъ гӏенеккуларин, малъараб босуларин абун. Щибаб хъизамалъул буго батӏи-батӏияб гӏилла. Дида кӏоларо гьедин рачӏарал гӏадамазул лъимал къабул гьаричӏого чӏезе», — ян бицана директоралъ.\nГьедин рачӏа-рачӏарал къабул гьарун ва сакъатаб лъабго лъимерги хьихьизе бачун, гӏуна 22 лъимер. Гьезие квенги хӏажатабщинабги чӏезабула Задаца. Камуларо кумек гьабулел гӏадамалги. Жиндир цӏар загьир гьабизе бокьичӏев цо дагъистанияс, масала, кумек гьабуна лъимал жанир рукӏунел рукъзал къачӏазеги, кроватал росизеги. Босана гьесул гӏарцухъ ретӏел чурулеб машинагун телевизорги. Къурбан моцӏалда росдал мажгиталъул имамас бачӏана лъималазе гьанал 100 кг. Лъималазул тӏалаб гьабизе кумекалъе росун руго хӏалтӏухъабиги.\nГьединаб къагӏидаялда лъимал хьихьизе ихтияр кьолеб букӏун гьечӏо РФялъул законаз. Кӏудияб хъизамалъухъ халгьабизе ячӏараб мехалда, ДРялъул бетӏерасда цебе Эбеллъиялъулгун лъималазул ихтияразул рахъалъ вакил Марина Ежовалъ Зада Макъсудовалда малъана законалде рекъонкколедухъ документал хӏадуризе. Гьанже гьеб хъизамалда официалияб къагӏидаялда абула «Кӏудияб хъизам» абураб коммерциялъулаб гуреб жамгӏияб гӏуцӏийилан абун. Гьелъул ихтиярги буго ресукъал хъизамаздасаги бесдаллъуда хутӏаралги лъимал хьихьизе рачине. Амма гьелъие букӏунаро финансазул рахъалъан кинабгӏаги кумек-квербакъи.\nШколалъулги халгьабун, ниж рилълъана рокъоре. «Зада-эбел!» — анги ахӏулаго, данде рекерун рачӏана васал. Гьел хурхана Задада, моцӏалъ йихьичӏей эбелалда гӏадин. Рана къвалал дидаги. Щивасул ботӏрода кверги бахъулаго, ракӏбатулеб рагӏи абуна гьелъ. Рокъор ругоан жинцаго хьихьарал лъималазул суратазул альбомал, гьез рачӏарал кагъталгун баркиял. «Баркала, Зада-эбел! Дир гӏумруялда мун дандчӏвачӏейани, гьелъул магӏна дида бичӏчӏилароан», — ин хъван буго гьел кагътазул гӏемерисел автораз. Чан лъимер хьихьарабилан гьикъидал, Задаца кьуна гьадинаб жаваб: «Азаргоян абуниги, лъабнусго-щунусгоян абуниги, мекъи ккеларо. Дица гьел рикӏкӏинчӏо. Цояз гьаниб бана кӏиго-лъабго моцӏ, цогидал рукӏана лъагӏелалъ, лъабабилел – школа лъугӏизегӏан. Рукӏинчӏо гьел эбел-инсуца тӏубанго рехун тарал. Дица гӏицӏго кумек гьабуна захӏматаб хӏалалде ккарал хъизамазе. Санагӏалъи ккарабго, лъимал нахъе рачун унаан», — ян."}
{"slug": "7226-rakhdal-matsial-ul-bishchun-l-ikiav-uchitel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7226-rakhdal-matsial-ul-bishchun-l-ikiav-uchitel", "title": "Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель", "date": "2020-02-20 06:35:05", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Араб анкьалда Махӏачхъа-лаялда, 11-абилеб гимназиялда тӏобитӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель-2020» абураб конкурс. Гьенив гӏахьаллъана 20 учитель.\nКонкурс халатбахъана лъабго къоялъ. Тӏоцебесеб къоялъ конкурсалъул гӏахьалчагӏаз бицана жидерго хӏалтӏул, дарсазда пайда босулел цӏиял методикиял къагӏидабазул ва технологиязул хӏакъалъулъ.\nИсана къецалда гӏахьаллъулей йикӏана магӏарул мацӏалъул гӏицӏго кӏиго учитель. Арал соназде дандеккун, гьеб цӏакъго дагьаб къадар букӏана. Бугониги, тӏоцебесеб къоялъул хӏасилазда рекъон, къецалда жюриялъе бищунго къабуллъана кадетазул корпусалда хӏалтӏулей магӏарул мацӏалъул учитель Лейла Нурхӏажиева.\nКӏиабилеб къоялъ учительзабаз кьуна рагьарал дарсал. Гьезул щияй мустахӏикъай йикӏана рецц-бакъалъе. Амма гьаб нухалдаги чӏчӏел босана Лейла Нурхӏажиевалъ.\nДиеги рес ккана гьелъул дарсида гӏахьаллъизе. Дарсил авалалдаго мугӏалималъухъа бажарана лъималазулгун гӏаммаб мацӏ батизе. Лъималазги гьей къабул гьаюна, къойилго йихьулей мугӏалим гӏадин. Дарс ана тӏадегӏанаб даражаялда. Грамматикаги адабиятги цолъизабун кьураб дарсалъ асар гьабуна жюриялъеги.\nМугӏалималъ цӏалдохъаби рачана советияб халкъалъул бахӏарчияб тарихалъул гъасде. Гьелъ бицана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъалъулъ. Лъимал гъираялда хӏалтӏулел рукӏана дарсида. Дарсил ахиралда гьелъ цӏалдохъабазухъе рикьана фронталдаса рачӏунел рукӏарал гӏадал лъаббокӏонал кагътал-конвертал. Щибалда жаниб букӏана дагъистанияв – Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчиясул сурат. Лъималаз рокъоб хъвазе буго гьезул хӏакъалъулъ.\nКӏиябго къоялъул къецазул хӏасилалда финалалде ворчӏана 5 учитель.\nЛъабабилеб къоялъ финалистаз кьуна классалъул сагӏтал ва цӏунана лъайкьеялъул проектал.\nЛъугӏана конкурс, гьаруна хӏасилал. Тӏоцебесеб бакӏа-лъе мустахӏикълъана Лайла Нурхӏажиева. Кӏиабилеб бакӏ щвана № 55 школалъул лъарагӏ мацӏалъул мугӏалим Саида Мухӏамадовалъе. Лъабабилеб бакӏалде ячӏана №12 школалъул лак мацӏалъул мугӏалим Аксана Михадова.\nКонкурсалъул гӏахьалчагӏазда ва призеразда баркизе рачӏун рукӏана шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул вакилзаби. Лъабабго къоялъ тадбир гӏуцӏадго тӏобитӏизе квербакъана шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул рахьдал мацӏазул куратор Рукъият Абакархӏажиевалъ ва № 11 школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективаз."}
{"slug": "7227-giak-labazul-g-amas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7227-giak-labazul-g-amas", "title": "Гӏакълабазул гъамас", "date": "2020-02-20 07:05:36", "categories": ["obrazovanie"], "text": "• Цо пуланаб къоялъ дуда бичӏчӏизе буго, ахир-къадги мун ахиралде щваравлъи. Гьебин абуни, букӏине буго байбихьилъун.\n• Сухъмахънухккун вачӏунаго, данде вачӏунесе нух биччан, хьибилалдехун гали тӏаме. Кваналелъул дуего лъабил бутӏа те, хутӏараб цадахъ ругезе кье. Гьеб ккола гьаб дунялалда талихӏавлъун вукӏиналъул балъголъи.\n• Шапакъат босиялъулъ цогидаздаса цеве кӏанцӏуге. Лъикӏлъи гьабизе цогидаздаса нахъе ккоге. Цогидаз дуего кьолелъул щвезе кколеб бутӏа гурони босуге. Лъикӏал ишал гьарулаго, гьабизе кколелдаса дагь гьабун тоге.\n• Цогидазда цебе дурго чин ва хъулухъ кӏочон те. Цогидазда цере ккарал дурго мунагьал рекӏелъ цӏуне. Цогидаз дуе гьабураб лъикӏлъи кӏочене биччаге. Цогидаз дуе гьабураб квешлъи тӏаса лъугьун те.\n• Рекӏелъ рохелги гвангъиги бугони, бецӏаб ракьул гвандинибги зобал кенчӏола. Рекӏелъ бецӏлъиги пашманлъиги бугони, бакъул канлъухъеги щайтӏаби гӏемерлъула.\n• Квешлъи гьабурас гьеб гӏадамаздаса бахчулеб бугони, гьев битӏараб нухде ккезеги рес буго. Лъикӏлъи гьабурас гьелъул бицун гӏакӏа ахӏулеб бугони, гьеб ккола квешлъи гьаби.\n• Инсанасулъ хъантӏиялъул рахъалъ цо пикру бижанигицин гьесул къвакӏи — тамахлъиялде, гӏакълу – ахӏмакълъиялде, рахӏму – согӏлъиялде, рацӏцӏалъи — хъублъиялде сверизе буго. Гьелъин умумуз сахаватлъи багьадурлъилъун рикӏкӏунеб букӏараб.\n• Берзул канлъи ва гӏинзул рагӏи – къватӏисел хъачагъал. Хьулал ва къасдал – жанисел хъачагъал. Хважаинас гьел ургъел гьечӏого тани, гьел хъачагъал гьесул хӏакимзабилъун лъугьуна.\n• Рижи берцинав чи киназего вокьула. Гӏаданлъи бугес дагӏба цӏодорго лъугӏизабула. Гӏакъилав чияс цогидазул рахӏат хвезабуларо. Ракӏбацӏцӏадав чи чӏухӏдаруларо. Гьединал гӏадамалги релълъуна тӏинчӏнайил гьацӏуда, кванилъ рекъон ккараб цӏамуда. Гьебги ккола инсанасул тӏадегӏанлъи.\n• Бечелъиялъулъ ва рецц-бакъалъулъ гӏуразулъ хӏасратал, цӏа гӏадин, гьелегьун рукӏуна. Хӏакимлъиялде ругел къасдал релълъун рукӏуна багӏарараб коралда. Рацӏцӏалъиялъул гьороца гьединал чагӏи цӏорозаричӏони, гьез жалгоги цогидалги рухӏула.\n• Анцӏго гъурущ бихьидал гьурмал кьер хисулесухъа бажаруларо гьитӏинаб росдаецин нухмалъи гьабун. Нусго гъурущ бихьидал кьер хисулесухъа бажаруларо аскаралъе нухмалъи гьабун.\n• Кидаго жив витӏарав вугин чӏолесул ракӏ хъачӏлъун букӏуна.\n• Инсан лъазе гьедигӏан бигьалъуларо. Амма бигьаго лъазе кӏолев мустахӏикъав гьечӏо гьудуллъун кквезе.\n• Херазул адаб-хӏурмат гьабуларел гӏолилал заман щвелалдего хола.\n• Къойида жаниб цониги лъикӏаб рагӏи рагӏани, цониги лъикӏаб гӏамал бихьани ва жинцаго цониги лъикӏаб иш гьабуни, абизе бегьула гьев чиясул къо гӏадада инчӏилан.\n• Эбел-эмен лъималаздаса къадруял рукӏуна. Амма жидехъ гӏенеккуларел лъималазда цебе гьезулги чилъи хола.\n• Инсанасулъ цогӏаги ярагьунеб пикру гьечӏони, гьев релълъун вукӏуна кидаго гӏебеде кверги битӏун вукӏунев гьардухъанасда. Инсанасул цогӏаги бокьулеб иш гьечӏони, гьев релълъун вукӏуна цо бакӏалда эхетараб цӏулал хӏохьода.\n• Гӏаданлъиялъулал пикраби релълъун рукӏуна ихдалил баракатаб гьорода. Хӏеренго гьеб пуйдал, тӏабигӏат чӏаголъула. Квешал пикраби ре-лълъун рукӏуна цӏорораб савуялда. Гьеб тӏаде ккедал чӏагоябщинаб хола."}
{"slug": "7228-magiarul-liza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7228-magiarul-liza", "title": "Магӏарул Лиза", "date": "2020-02-20 07:11:16", "categories": ["kultur"], "text": "(Цебесеб 5-абилеб номералда)\nГӏарахъ магӏардаги, канлъи-бакъ тӏаса инчӏого, цоги нухалъ кваназаруна магӏарулаз чуял. Гьезул букӏана сардилъги цере ине нигат. Магӏарул тӏабигӏаталъ цӏидасан гӏажаиблъизаруна гӏурус гӏолилал. Гендерил магӏардасан рихьулел рукӏарал мугӏрул тӏогьазулги, согӏал кьурабазулги, гъваридал къварилъабазулги бакӏалда, гьезда цебе рагьун бачӏана, жидерго беразе ругьунаб, гӏурччинаб авлахъ. Гьеб букӏана Хундерил тӏалъи. Бакӏ-бакӏалда рихьулел рукӏана магӏарул росаби.\nКанлъи рукӏкӏараб, сордо тӏаде щвараб гӏужалда нахъа тана гьез магӏарул церегосел ханзабазул ватӏан, Тӏануси росу. Тӏокӏал кирниги лъалхъинчӏого, ругьунаб нухдасан сардилъги бажарараб хехлъиялда рачана сапаралъул жавабияс чуял. Нухлулал Хунзахъе щведал гурони, кьечӏо гьес жиндиего чучизе рес.\nХварал чагӏигӏанги ригьунареб куцалда, кьижун ккана, нухлуца кӏвекӏарал, свакалъ тату хварал гьалбал гьеб сардоялъ. Радал, квана-гьекъон, щвезаруна гьес гьалбал района-лъул идараялде. Жиндирго масъала тӏубарав нухбачунесул тӏокӏаб букӏинчӏо гьениб иш. Гьев ана. Гьалбалин абуни, идараялъул нухмалъулес жиндаго аскӏоре рачана, гьезул сапаралъул хадусел масъалаби тӏуразе.\nБайбихьана лъай-хъваялдасан. Бачӏина-хъего суал тӏубана хӏакимас кӏиявго гӏолохъанчиясул. Гьел гьебсагӏатго жидерго ишалде нухда ккезаруна. Гӏолилай йикӏана кие юхьинайилеяли, лъие къабуллъилеяли, щиб гьелда гьабилебали лъаларого хутӏун. «Жеги гьитӏинай гьай гӏурус ясги кие гьание магӏарухъе? Лъица гьай жидехъего къабул гьайилей? Киса, щийдай гьай, гьал рикӏкӏадал мугӏрузде ячӏине ракӏалде ккарай?» – абун суалал рукӏана нухмалъулесул пикрабалъ.\n— II —\nXX гӏасруялъул авал букӏана нилъер улкаялъе балагьаблъун, ругьунаб жамгӏияб гӏуцӏи биххулеблъун. Бидулал лъугьа-бахъиназги рагъазги рукӏана гьеб замналда аслиял сиясатиял суалал тӏуралел.\nГьеб киналъухъго балагьичӏого, жиндирго рахънисан инеб букӏана гӏумруги. Ирга щвара-щваралъусан тӏаде рачӏунел ва тӏаса камулел рукӏана гӏадатиял гӏадамалги. Гьедин хӏалуцараб заманалде ккана, 1914-абилеб соналъул ахиралда, хасалил авалалда Киевалъул губерниялъул Сульжинск волосталъул Лешань росулъ гьаюрай Лиза Семенюкил гӏумруги.\nИнкъилабалъул ва Граждан рагъул заман бигьаяб букӏинчӏо улкаялда, амма гьей гьитӏинай ясалъе гьелъул букӏинчӏо щибниги къварилъи. Унго-унгояб къварилъи, кӏудияб рухӏел гьелда бихьана анлъго сон бараб мехалда. Лиза хутӏана, эбелги эменги гьечӏого, бесдаллъуда. Эбелалъулги инсулги къадар батараб украиназул росу гьелъ абадиялъего рехун тана.\nЦебесеб гӏагарлъиялъ бесдалай жидедаго аскӏое Донецкалде ячана хьихьизе. Захӏматхалкъалъул жигарчилъи тӏадегӏанаб, улкаялда хиса-басиязулъ хасаб бакӏ кколеб гьеб шагьаралда гьитӏинай Лизал къисматги ине рес букӏана цӏияб улка гӏуцӏиялъул батӏияб шагьраялдасан.\nГьелъул гӏумруялъул чвахиялъин абуни, чанго сонидасан босана цоги кӏудияб свери. Чӏахӏиял лъугьа-бахъиназдасаги тахшагьаралдасаги рикӏкӏаде, гӏемерго гӏодобе биччараб, гьава-бакъ рекъараб рахъалде ккана гьей. Жиндирго эбелалъул яцалда цадахъ Лиза гочана цересел умумузул ватӏанлъун букӏараб Кисловодск шагьаралде.\nРакъараб, чӏунтараб, багъа-бачарараб заман букӏаниги, гӏолей ясалъул гӏумруялъеги сахлъиялъеги хӏинкъи гьениб букӏинчӏо. Гӏаксалда, саламатго гӏеялъе квербакъулел тӏабигӏиял шартӏалги гьава-бакъги рукӏана. Сахлъиялда хадур рикӏкӏа-рикӏкӏадасаги гӏадамал рачӏунел, машгьураб ва гӏадамазе бокьулеб кавказияб шагьаралда гӏолей йикӏана гьей.\nГраждан рагъда хадусел согӏал ва захӏматал саназда цӏалана гьей школалда. Анкьгосонил школалда цӏалана гъираялда, лъаялде хӏасрат бергьун. Бихьараб ва хӏехьараб рагъул кьогӏлъиялда, ккарал ва бахӏарчиго раччарал камиязде дандеккун, бигьаяб иш батана гьелда цӏали. Пашманлъиялъ къвал жемарай гӏурус ясалъ хадусала тӏолабго рекӏелгъей цӏалуде гьабуна. Жиндехунго тӏалабчилъиялъги, ишалде рокьиялъги, цӏодорлъиялъги бигьалъана гьелъие цӏали.\nЦӏалдохъаналъул ригьалдаго загьирлъана мугӏалимасул махщалиде гьелъул цӏайи, гӏуцӏарухъанлъиялъе гьунар ва лъималазде рокьи. Жамгӏияб хӏаракаталъулги жигаралъулги цере-цересел дарсал гьелъие щвана улкаялда цӏияб лъималазул гӏуцӏиялда – пионеразул кьерилъ. Анцӏила ункъилъ лъугьана комсомолазул мухъилъеги. Гьеб букӏана, жийго жиндаго чӏарай, балугъаб гӏумруялде лъураб жавабияб гали.\nЦӏи гӏуцӏулеб бугеб Советияб пачалихъал-да гӏолел гӏелал куцаялъе кӏвар бугел ва хӏасил кьолел гӏуцӏаби рукӏана пионерияги комсомолги. Доб байбихьул заманалда Лиза гӏадал лъималазе гьезул пайда цӏикӏкӏараб букӏана. Гӏумруялъул хӏалбихьи камиллъиялде гьез рагьулаан къимат тӏадегӏанаб нух.\nГӏолилазул жигарчилъи борхараб гьеб заманалда, чӏахӏиял ишазде гъирагун, лъугӏана Лизал школа. Цинги, комсомолалъул ахӏиялъе жаваб гьабун, гъираялда ана лъавукълъиялда данде къеркьеялъул нухде. Гьелъ тӏасабищана педагогасул махщел ва цӏализе лъугьана мугӏалимзаби хӏадур гьариялъул хехал курсазде. Цӏакъго гъираялда цӏалана гьений. Тӏокӏлъигун щвана мугӏалимасул махщел.\nТалихӏаб гьимиялъ гьурмада нур барай, лебалай гӏолилалда кодоб букӏана щвараб махщел тасдикъ гьабулеб хӏужаялъул кагъат. Хӏажалъи бугеб рахъалде гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул мугӏалимал ритӏулел рукӏана, комсомолалъ. Жиндиего бокьун тӏасабищана Лизаца Дагъистаналде ин.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7229-bakhiarzazul-tsiaral-tsiunila-rekiel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7229-bakhiarzazul-tsiaral-tsiunila-rekiel", "title": "Бахӏарзазул цӏарал цӏунила рекӏелъ", "date": "2020-02-20 07:26:05", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Анцӏила анкьго сон барав Тӏукитӏаса Расулов Мухӏамад жиндиего бокьун ана фронталде. 1943 соналъул июналда, хасаб дело цӏезабулаго, гьесул гьариялда рекъон, рагъулав комиссарас гӏолиласул гӏумруялде цо лъагӏел тӏаде жубана.\nРагъде иналде Мухӏамадица Местӏерухъ росдал школалда лъугӏизабуна анлъго класс, хӏалтӏана росдал колхозалда. Хъизамалда цо бугеб лъимер букӏаниги, Мухӏамадихъа бажарана Ватӏаналде тӏаде къо ккедал рагъде ине жинцаго гьабураб хӏукму хиси гьечӏеб букӏиналда эбел-эмен божизаризе.\nХъулухъ гьабизе ккана цин Ереваналде, артиллериялъул полкалде. Гьесда цадахъ ккана Мухӏамадил росуцояв Ахӏмадов Хӏажиги. Ереваналда гьез лъугӏизаруна рагъухъабазул курсал.\nГьедин ана анлъго моцӏ. 1943 соналъул ахиралда рагъухъаби Типлисалде, батӏи-батӏиял подразделениязде ритӏана. Мухӏамад ккана Кутаиси шагьаралде, артиллериялъул полкалде.\n— Типлисалда ниж цӏидасан рагъулаб техника лъазабизе тӏамуна, — ян ракӏалде щвезабулаан Мухӏамадица. — Кутаисиялда бана анкьгӏанасеб заман ва тункӏил харил махӏ сунтӏичӏел гӏолилал фронталде — Днестралъул районалде ритӏана. Станислав шагьаралдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, Днестр гӏурул рагӏалда буго Галич абураб поселок. Гьенив тӏоцеве ккана рагъде, бихьана хвел, лъукъарал рагъухъаби. Гьедин байбихьана дир фронталъулаб гӏумру…\nРасулил Мухӏамадил полк унаан Тӏоцебесеб Белоруссиялъул фронталъул 1-себ армиялде гъорлъе. Гӏарадачагӏаз балагьана жидеего санагӏатаб позиция ва лъелал аскаразе гӏор бахине квербакъизе лъугьана. Тушман минометаздасан, гӏарадабаздасан ва автоматаздасан кьвагьдолев вукӏана гӏурул щибаб метралде. Биялъ белъун бихьулаан Днестр. Тушманасул рагъулал точкаби заманаялъе «гӏенеккун чӏезаризе» бажарана.\nМухӏамад гӏарадаялъул гулби раччулев чи кколаан, амма захӏмат букӏана 16 кг бакӏлъи бугел гьел гъажалдаги лъун раччизе.\n— Хӏакъикъаталдаги бакӏаб хӏалтӏи буго гулби гӏарадаялде аскӏоре раччи, — ян ракӏалде щвезабулаан рагъухъанас. — Цо-кӏиго гулла гуреб тӏубараб ящикго цадахъ хадуб цӏазе (гьенибин абуни ункъо гулла букӏуна) цӏакъго бакӏлъулаан. Гьеб гьабизе кколаан сундухъго балагьичӏого: нижер, ай гӏарадачагӏазул къо хӏехьеялда ва бахӏарчилъиялда бараб букӏиндалха гӏор бахунел лъелал аскаразул ра-гъухъабазул къисмат. Днестралъе гӏоло рагъулаб гьужум дие лъабабилеб букӏана ва гьеб ахирисеблъунги ккана…\nГьаваялде раккана немцазул лъикӏаланго самолетал, ва гьез гӏарадачагӏазул позициязде, лъелазул лъедолел алатазде бомбаби рехизе, гьезде кьвагьдезе байбихьана. Къо бакъаниде гӏагарлъулеб букӏана. Мухӏамад, иргадулаб нухалда, гулбузда хадув векерулаго, гьесдаса чанго метралъ рикӏкӏад бихъана бомба. Гьелъул саламатаб кесек щвана Расуловасул квегӏаб мачӏалда. Хьвагӏун арав гьев гӏодов ккана, лъавудаса ана. Авиабомбаялъ бахъараб гвандинив гӏебеде рехун вугев гьесда ракӏалда гьечӏо кигӏан заман гьедин барабали.\nРасчетазул командирзаби рагъул хӏасилал гьаризе, личный составалъул камиязул хӏакъалъулъ баянал штабалде ритӏизе лъугьана. Гьезда гьоркьоб букӏана гӏахьваласул фамилияги. Командирас лъазаби битӏана гьесул гӏагаразухъеги. Гьелда хъван букӏана: «Расулов Мухӏамад, 1925 соналъ Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏа росулъ гьавурав. Рагъде ахӏана Болъихъ РВКялъ. Мухъилав, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана…». Гьел баянал руго «Ракӏалде щвеялъул тӏехьалдаги» (2-абилеб том, 174-абилеб гьумер).\nАраб бакӏ лъачӏого тӏагӏинчӏо рагъухъан. Днестр гӏор бахун хадусеб къоялъ санитараз лъукъарал рагъухъаби тылалде ритӏулел рукӏана. Гьел тӏаде ккана гӏумруялъул гӏаламаталгун вугев Мухӏамадида. Авлахъалъулаб госпиталалда (гьениве щвезавуна гьев санитараз) гьесие бажарараб кумек гьабуна, гьениса Кутаисиялде, рагъулаб госпиталалде витӏана. Анлъго моцӏ бана гьес гьениб, амма ругъун сахлъун гьечӏолъиялъухъ балагьичӏого, хадубккун рагъулаб хъулухъалъе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, 1944 соналъул ахиралда рокъове витӏана. Гӏарадаялъул расчеталъул рахъалъ гьалмагъзабазда лъачӏо гьесие ккараб жо.\nМухӏамадил росуцоялгун цадахъ гьесул эбел-эменги гьеб заманалда Чачаналъе, Ведено районалъул Даргъоре гочинарун рукӏана. Сонисев рагъухъанасда гьеб лъалароан. Гьесие гьеб загьирлъана Буйнакскиялде щведал. Гьедин ккана гьев Шалиялде. Гьенибин абуни ругъуналъ рахӏат хвезабизе лъугьана. Вегизе ккана больницаялда. Гьенив, ракӏалдаго гьечӏого, дандчӏвана эбелалъул вацгӏал Гӏалихӏажиявгун. Гьес Мухӏамадил хӏакъалъулъ Даргъобе, эбел-инсухъе ругьел битӏана. Лъабабилеб къоялъ рачӏана эбел-эмен Мухӏамадихъе, Шалиялъул больницаялде.\nАнцӏго къоялъ даруги гьабун, гьев больницаялдаса виччана, амма ругъун тӏубанго сахлъизегӏан росулъе ине тохтурзабаз изну кьечӏо — моцӏалъ чӏезе ккана Гӏалихӏажиясул бакӏалда.\nРугъун сахлъидал, Мухӏамад колхозалда хӏалтӏизе лъугьана, гьениса витӏана Гъарасуялде — вукӏана хъутаналда складалъул заведующийлъун, гьениб бана анлъгогӏанасеб лъагӏел. Хадув хӏалтӏана избачалдаги.\n1957 соналда чачаназе ватӏаналде тӏадруссине ихтияр щведал, тӏукадерил цо бутӏа магӏарухъе, цогидал Хасавюрт районалъул ракьалде гочана. Мухӏамадги, эменгун цадахъ, магӏарухъе гочана (эбел Даргъойго хун йикӏана гьесул). 1958 соналда, эмен къадаралде щун хадуб, гӏумру гьабизе тӏаса бищана гӏатӏиракь — 31 соналъ хӏалтӏана тӏукадерил цӏияб росдал С. Кировасул цӏаралда бугеб колхозалда складалъул заведующийлъун. Гьениса ана мустахӏикъаб хӏалхьиялдеги.\nЗама-заманалда фронтовикасул рахӏат хвезабулаан ругъназ. Гӏемер вегана гьев Грозныялъул госпиталалда, Махӏачхъалаялъул больницабазда, амма унти къотӏулеб букӏинчӏо. Къогоялдаса цӏикӏкӏун сон бана гьес тохтурзабазул хӏукмуялда рекъон квегӏаб бохалдаса ватӏалъунги.\nРасулил Мухӏамад кӏодо гьавун вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орденалдалъун, гӏемерал медалаздалъун ва баркалабаздалъун. Лъади Сагӏидатгун цадахъ гӏезаруна ва гӏумруялъул нухда лъуна ункъо васги кӏиго ясги: руго гьезул лъималги лъималазул лъималги.\nГьединав вукӏана дол цӏадулал къояз эбелаб Ватӏаналъул ахӏиялда рекъон черхалда ярагъ борчарав 1194 гӏахьваласул цояв — Тӏукитӏаса Расулил Мухӏамад."}
{"slug": "7230-rag-da-giakhall-aral-ulkabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7230-rag-da-giakhall-aral-ulkabi", "title": "Рагъда гӏахьаллъарал улкаби", "date": "2020-02-20 07:38:35", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1939 соналда байбихьараб ва 1945 соналъ лъугӏараб рагъалда абула Кӏиабилеб дунялалъул рагъилан. Гьедин абиялъе гӏиллаги ккола гьеб рагъда 72 улкаялъ гӏахьаллъи гьаби ва 40 улкаялда рагъул кьаби щвей.\nГьеб халат бахъана 2194 сордо-къоялъ. Гьелда гӏахьалъи гьабураллъун рикӏкӏуна рагъул кьаби жидеда щварал улкабазда гӏумру гьабун рукӏарал 1 миллиардгун 700 миллион чи. Кӏиабилеб дунялалъул рагъул хӏасилалда хун вуго 60 миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи.\nЩал улкабазха Кӏиабилеб дунялалъул рагъда гӏахьаллъи гьабураб? Гъоркьехун рехсолел руго рагъда гӏахьаллъи гьабурал улкабазул цӏарал.\nАвстралия\nГӏахьаллъи гьабураб заман: 1939 соналъул 3 сентябрь — 1945 соналъул 2 сентябрь (2191 сордо-къо).\nХалкъалъул къадар (1939 сон): 7,7 млн чи.\n1939 соналъул лъабабилеб сентябралда, Великобританиялъул гьудул хӏисабалда букӏараб Австралия, Великобританиялъ Германиялъулгун рагъ лъазабун хадуб хӏажатаблъун ккана Германиялъулгун рагъ лъазабизе. 1940 соналъул январалдаса 1943 соналъул февралалде щвезегӏан, австралиялъулаз гӏахьаллъи гьабуна Северияб Африкаялда, Грециялда ва Гӏагараб Бакъбаккуда унел рукӏарал рагъазулъ.\nАвстралиялъул 450 летчикас гӏахьаллъи гьабуна Британиялъул ВВСалда цадахъ Европа фашизмалдаса эркен гьабиялъулъ.\nАргентина\nГӏахьаллъи гьабураб заман: 1945 соналъул 27 март — 1945 соналъул 2 сентябрь (160 сордо-къо).\nХалкъалъул къадар: 15,39 млн чи (1945 сон).\nРагъ байбихьилалде цебе Аргентинаялъул лъикӏал гьоркьорлъаби рукӏана Германиялъулгун. Гьеб улкаялда гӏумру гьабун вукӏана 200 азаргогӏанасев немцав. Гьединлъидал, рагъ байбихьараб заманалда, ай 1939 соналъ гьеб улкаялъ лъазабуна жидеца лъил бугониги рахъ кколарин ва рагъда гӏахьаллъуларин. Амма 1942 соналда, Америкаялъ тӏадецуй гьабидал, Аргентина хӏажатаблъун ккана СШАялъул гумузе пайда босизелъун жидерго портал рагьизе.\n1944 соналъин абуни, Аргентинаялъ Германиялъулгун ва Япониялъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби хвезаруна, гьел къезехъин рукӏин бичӏчӏидал рагъулъеги лъугьана.\nГьедин бугониги, Аргентинаялъ къабул гьарулел рукӏана Германиялдаса лъутун рачӏунел ва 1946-1950 соназда гьеб улкаялда гӏумру гьабун вукӏана 180-ялдаса цӏикӏкӏун немцазул офицер. Гьезие рес кьун букӏана Аргентинаялъул рагъулал къуватазда хъулухъ гьабизеги.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7231-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-magiarulasul-tsiar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7231-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-magiarulasul-tsiar", "title": "Дагъистаналъул тарихалда 300 магӏаруласул цӏар", "date": "2020-02-20 07:46:48", "categories": ["rel"], "text": "Сайгидов Гӏалихӏажи\n(1948-2020)\nСайгидов Гӏалихӏажи – Россия-лъул мустахӏикъав художник, Да-гъистаналъул скульптор, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат (2001).\nГьавуна 1948 соналда Гъуниб районалъул Салтӏа росулъ. 1973 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул М.А. Жамалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялъул ма-ххуда накъищал гьарулеб отделение. 1976-1982 соназ-да гьев цӏалана Ленинградалда\nИ. Е. Репинил цӏаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул ва архитектураялъул институталда скульптураялъул факультеталда. Гӏалихӏажица лъугӏизабуна Репинил цӏаралда бугеб художествияб академияги.\n1982 соналда гьев восана СССРалъул Художниказул союзалъул членлъун. 1980-1990 соназда хӏалтӏана имам Шамилие чода рекӏун гьабураб си гӏадал (Генуб лъун бугеб) тарихияб кӏвар бугел монументалиял хӏалтӏабазда тӏад. Гьенибго Гӏ. Сайгидовас гьабуна имамасул аллеяги.\n1992 соналда гьесие Салтӏа росулъ лъабго рагъул гӏахьалчагӏазе бараб мемориалияб комплекс баралъухъ кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав художник» абураб цӏар.\nГӏ. Сайгидов вукӏана республикая-лъул бищунго машгьурал скульпторазул цояв. Гьесул лъикӏал хӏалтӏабазда гьоркьор рехсезе бегьула Йирчи Хъазахъие ва генерал-полковник Мухӏамад Танкаевасе гьарурал памятникал.\nГӏабашилов Мухӏамадхӏажи\n(1950-2008)\nГӏабашилов Мухӏамадхӏажи – Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат, политикиявгун жамгӏияв хӏаракатчи.\nГьавуна 1950 соналъул 17 декаб-ралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.\nМухӏамадхӏажица лъугӏизабуна ДГУялъул къватӏисел пачалихъазул мацӏазул факультет ва, армиялдеги ун, тӏубазабуна тӏадаб налъи.\nЗахӏматалъулаб биография байбихьана 1975 соналда, комсомолалъул идарабазда хӏалтӏулаго. Мухӏамадхӏажи́ вукӏана политехникияб техникумалъул комсомолалъул комитеталъул секретарь. 1980 соналда вищана комсомолалъул Дагъистан обкомалъул секретарьлъун.\n1990 соналда М. Гӏабашилов тӏамуна «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул бетӏерав редакторлъун. Цадахъго бачунеб букӏана обкома-лъул секретарасул хӏалтӏиги.\n1999 соналъул марталда машгьурав журналист вищана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.\n2006 соналъул маялда тӏамуна Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватӏисел бухьеназул министрасул заместительлъун.\n2007 соналъул январалда Мухӏамадхӏажи вачӏана «Дагъистан» республикаялъул телевидениялъул ва радиоялъул компаниялъул нухмалъулевлъун.\n2008 соналъул 21 марталда, гьабураб терракталъул хӏасилалда, М. Гӏабашилов чӏвана.\nГьес журналист, хъвадарухъан\nхӏисабалда къватӏире риччана «Караван», «Экспансия», «Позиция», «Альтернатива», «Рубежи», «Гӏумрудул мухъ» абурал тӏахьал.\nВатӏаналъе ва халкъалъе гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе гӏоло мустахӏикълъана «Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъе, студентазул бакӏал ралезул отрядалда хӏалтӏун — «Бахӏарчияб захӏматалъе гӏоло» медалалъе.\nИнсанасул гражданлъиялъулаб борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазабиялъе ва бихьизабураб бихьинчилъиялъе гӏоло гьесие Россиялъул президент Д. Медведевасул указалда рекъон, хун хадуб кьуна «Бихьинчилъия-лъул» орденги.\nГьесул цӏар кьун буго республикаялъул цо школалъе ва Махӏачхъалаялъул къватӏалъе.\nГӏамирханов Хизри\n(1949)\nГӏамирханов Хизри – советияв ва Россиялъул археолог, гӏалимчи, Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул академик.\nГьавуна Болъихъ районалъул Гӏанди росулъ.\n1972 соналда Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул дарсал кьолев учителасул хъулухъалдаса байбихьана Хизрил захӏматалъулаб биография.\nАспирантураялъул хӏадурлъи, хӏалбихьи гьесул ана СССРалъул гӏелмабазул академиялъул Ленинградалъул археологиялъул институталда. 1977 соналдаса гьев хӏалтӏизе байбихьана гӏелмабазул академиялъул археологиялъул институталда. 1977 соналда цӏунана тарихиял гӏелмабазул кандидатасул диссертация. 1989 соналдайин абуни – гӏелмабазул докторасул диссертацияги. 1999 соналда гьесие кьуна профессорасул цӏар.\n2002 соналда Х. Гӏамирханов вищана Германиялъул археологияб институталъул член-корреспондентлъун, 2003 соналдайин абуни – Россиялъул гӏелмабазул академиялъул член-корреспондентлъун.\n2009 соналда Х. Гӏамирханов вищана Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмабазул централъул президиумалъул председательлъун ва тарихалъул, археологиялъул ва цадахъго этнографиялъул институталъул директорлъунги.\nГьев ккола протоисториказул Халкъазда гьоркьосеб союзалъул тӏасияб палеолиталъул комиссиялъул член, археологиялъул институталъул гӏелмияб ва диссертациялъулаб советазул членги ва гьединго «Россиялъул археология», «Евразиялъул археология, этнография ва антропология», «Восток», «Тарихалъул, филологиялъул ва искусствознаниялъул» ва гӏемерал цогидалги журналазул редколлегиязул членги.\nХ. Гӏамирханов мустахӏикълъана ДРялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчиясул (1999) цӏаралъе, «Москваялъе 850 сон» медалалъе.\n2000 соналда гьесие кьуна «Москва областалъул Зарайск шагьара-лъул хӏурматияв гражданин» абураб цӏарги.\nАхалов Салихӏ\n(1949)\nАхалов Салихӏ – Дагъистаналъул халкъияв художник, Россиялъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул доцент.\nГьавуна Лъаратӏа районалъул Чӏадаколоб росулъ 1949 соналъул 20 августалда.\n1956-1964 соназда цӏалана Хунзахъ районалъул Гӏараниб школа-интернаталда.\nЛъугӏизабуна Дагъистаналъул Жамалил цӏаралда бугеб художествияб училище ва вачӏана гӏагараб росдал школалде сурат бахъиялъул ва черчениялъул дарсал кьезе.\n1970-1972 соназда хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда ва тӏад вуссун хадубги школалда дарсал кьезе лъугьана. 1975 соналда Салихӏ хӏалтӏизе лъугьана Ленинградалда бугеб СССРалъул Финансазул министерствоялъул ВОХРалъул отрядалде.\n1980 соналда цӏализе лъугьана Ленинградалъул Н. Е. Репинил цӏаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул ва архитектурая-лъул художествияб институталде. 1986 соналда, гьебги лъугӏизабун,\nС. Ахалов хӏалтӏизе витӏана СССРалъул Художниказул союза-лъул Дагъистаналъул отделениялде ва гьенив хӏалтӏана 1992 соналде щвезегӏан.\n1992 соналда гьев вищана Да-гъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул ху-\nдожествиябгун графикияб фа-\nкультеталъул кафедраялъул заведующийлъун. 2004 соналдаса накъе Салихӏ ккола Россиялъул Художниказул союзалъул членги.\nС. Ахаловасе 2010 соналда кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав художник», 2016 соналдайин абуни «Дагъистаналъул халкъияв художник» абурал цӏарал.\n2015-2016 соназда гьес нухмалъи-гун жигараб гӏахьаллъи гьабуна культуриябгун тарихалъул комплексалъул «Ахӏул гохӏ цӏуни» абураб панорама гьабиялъулъ.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7232-umumuzul-kalam-gechio-due-khvel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7232-umumuzul-kalam-gechio-due-khvel", "title": "Умумузул калам,гьечӏо дуе хвел…", "date": "2020-02-20 08:10:39", "categories": ["lit"], "text": "Рахьдал мацӏалъе ва маданияталъе сайгъат гьабураб тадбир тӏобитӏана талат къоялда Хасавюрт шагьаралъул №5 школалда. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана шагьаралъул администрация-лъулги, школазулги, районалъул росабазул школазулги вакилзаби.\nДагъистаналъул мацӏазул в маданияталъул кӏудияб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гьалбадерида рагӏана магӏарул ва лъарагӏ мацӏазда ахӏулел, рикӏкӏунел кучӏдулги, рихьизаруна миллиял кьурдабиги, театралиял церерахъиналги.\nМагӏарул мацӏалда цӏалдо-хъабаз бихьизабуна Шамил Мухӏидиновасул басняялдаса хӏадур гьабураб «Гъудулги маккалги» абураб спектакль. Лъарагӏ мацӏалда бихьизабуна лъимер кинида лъолеб ва гьелъие цӏар кьолеб гӏадат.\nГьединго ракӏалдещвезаруна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзалги. Берлиналда Бергьенлъиялъул байрахъ чӏварав Гӏабдулхӏаким Исмагӏиловасе сайгъат гьабураб кечӏ ахӏулелъул, цере рачӏунел рукӏана рагъул суратал.\nГьадинал тадбиралдаса хадуб божизе бачӏунеб гьечӏо нилъер ирсилал мацӏги цӏарги гьечӏого хутӏилилан абураб жоялдаги. Гӏемермиллатазулаб Хасавюрталъул школазда рахьдал мацӏазде кьолеб кӏвар тӏадегӏанаб даражаялда букӏин бихьизабуна 5-абилеб школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективаз. Хас гьабун гьанир цӏарал рехсезе мустахӏикъал руго школалъул директор Ханика Мусаева, Аслипат Мухӏамадова, цӏалул рахъалъ директоралъул заместитель Аминат Салимова, Роза Сутиева, Пийма Абакарова, Бэла Танбиева ва цогидалги.\nБайрамалда гӏахьаллъана Да-гъистаналъул мустахӏикъал артистал Шамил Ханакаевги Латӏип Шариповги."}
{"slug": "7233-dir-magiarul-ragii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7233-dir-magiarul-ragii", "title": "«Дир магӏарул рагӏи…»", "date": "2020-02-20 08:16:29", "categories": ["lit"], "text": "8 февралалда Болъихъ районалъул Рахатӏа росдал школалда тӏобитӏана тӏолгодунялалъул рахьдал мацӏазул къоялда хурхун байрам. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна школалъул мугӏалимзабазгун цӏалдохъабазги, тӏолабго росдал жамагӏаталъги.\nТӏаде рачӏун рукӏана гьалбалги: Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Хӏайбула Вакилов, авар мацӏалъул мугӏалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей ва «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидинова ва Хатимат Мухӏамадовалъул нухмалъиялда гъоркь телевидениялъул къокъа.\nКӏудияб асар гьабуна гьеб тадбиралда гӏахьаллъанщиназе гӏумруги лъалел гӏемераб лъикӏаб-квешабги бихьарал харабазул каламалъ. Гьезул цо-цоязда нилъер шагӏирзабазул тӏубарал поэмабицин рекӏехъе лъалел ругоан. Харабазул рекӏелъан чвахун бачӏунеб букӏана магӏарул маданияталдеги, адабияталдеги, тарихалдеги бугеб рокьи, гьеб гӏолеб гӏелалъ гӏодобе рехилилан бугеб хӏинкъи. Гьаб гӏел цебеса араб мехалда кигӏан цӏакъдай нилъ мискинлъилаян бачӏана\nпикру.\n2017 соналда цӏа ккун школаги бухӏун, буртаби гьарулеб артелалъул минаялъуб дарсал кьолел хутӏун ругониги, школлъималазеги щибго камураб жо тун гьечӏо Рахатӏа росдал школалда. Бахиллъизе бачӏана гьезул педагогазул коллективалда. Щиб гьабулеб бугониги, цадахъ, цо хъизан гӏадин бокьараб иш тӏубазе хӏадурал ругоан гьел.\nГьале гьаб нухалъги, авар мацӏалъул мугӏалим Патӏимат Патхӏулаевналъул нухмалъи-ялда гъоркь, тӏобитӏана рахьдал мацӏалъул байрам. Роржине къачӏарал хъахӏмакказда релълъун ругоан рахатӏисезул ясалги. Гьез гьабураб адаб-хӏурматалъулги, хӏадурун ратарал умумузул нигӏматазулги бицун пайда гьечӏо, бихьун гурони. Кӏарчанал ясли-ахалъул лъималазги хӏайран гьаруна байрамалде рачӏанщинал.\nКиназулго рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьеб байрам гӏуцӏарал, хӏадурарал ва нухда бачине кумек гьабурал, Мухӏамадзагьидова Патӏиматидаса байбихьун, щивасе.\nЦоги нухалда бихьизабуна нилъеца магӏарул мацӏалъулги, кечӏалъулги, кьурдулги, гормендаби чӏварал ясазулги, хъубухъун бухари тӏагъур лъурал васазулги бер-цинлъи."}
{"slug": "7234-godekiabazul-darsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7234-godekiabazul-darsal", "title": "Годекӏабазул дарсал", "date": "2020-02-20 08:20:20", "categories": ["lit"], "text": "Цебе магӏарухъ годекӏаниб бижулаан кӏудияб гӏакъиллъи. Гьенир данделъарал гӏолилазе цӏикӏкӏараб гӏелалъ кьолаан гӏумруялъул дарсал. Гьанже къанагӏатлъун руго магӏарухъги годекӏабахъ гӏодор чӏолезе кьолел гӏумруялъул дарсал. Цо-цо мехалда ракӏкъварилъизеги бачӏуна, чӏорогоял годекӏабазда берчӏвайдал. Амма нилъер щивасул рекӏелъ рикӏахъе хутӏун руго гьенир рижарал дарсал. Гьел дарсазул тӏираби щун руго жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъеги. Рокьула дие ракӏ-ракӏалъ жакъасел гӏолилал. Гӏумруялде гьезул бугеб рокьухъги, кӏудияздехун бугеб адаб-хъатиралъухъги гӏелмуялдехун бугеб гӏищкъуялъухъги. Цо-цояз абизеги бегьула гьеб гьедин гьечӏин, жакъасел гӏолилал гьединаб рецц-бакъалъе мустахӏикъал гьечӏилан. Валлагьги ругелха! Щибаб заманалъул щибаб гӏелалда рукӏана квешалги лъикӏалги. Гьелъ гурелъулха борцунеб гьезул тарбия. Батиларо гьезулги кинабго щвалде щвараб.\nАраб гӏасруялъул дол хӏабургъарал 90-абилел соназ цо-цояз абулеб рагӏулаан гьанжесел гӏолилазул ватӏаналде рокьи гьечӏилан. Гьоркьоб заман иналде, гьезул цо-цоял къанщана гӏагараб Дагъистаналъе гӏоло. Гьеб гурищ ватӏан бокьи. Чӏухӏизе бачӏуна Россиялдаго бищунго гӏолохъанав гӏелмабазул доктор Дагъистаналдаса вукӏиналдасаги. Дунялалдаго машгьурав Хӏабиб Нурмухӏамадов речӏчӏизе вачӏунелъул, гьесда цадахъ бачӏуна Дагъистаналъул махӏ. Дагъистаналъухъ урхъарай гӏолилалъул рагӏабазда ахӏулеб кечӏгун гьев цеве вачӏиндал, чӏухӏиги рохелги рещтӏунарищ нилъер ракӏазулъ. Гьеб гурищ ватӏанги халкъги бокьи! Шагьаралъул маршруткаялда рекӏун унелъулги, рихьула гӏолилазги цо-цо чӏахӏиязе кьолел гӏумруялъул дарсал. Масала, цо къоялъ радалго маршруткаялда рекӏун хӏалтӏуде уней йикӏана. Цо гӏаданалъ, гьелдаса гъоркье лъугьунаго, шоферасухъе кьуна щунусго гъурущ. Жеги макьидаса берцинго вигьун вукӏинчӏеб къагӏидаха, гьес ахӏи-хӏур бахъинабуна гьей цӏикӏкӏарай гӏаданалде, рогьиналде гьеб гӏарац хисун жиндихъа бажаруларилан. Шоферги гьелъулго ригьалъул вукӏана. Амма гьебсагӏатго цо гӏолилас бахъун кьуна чӏужугӏаданалъухъ гӏарац. Ва хӏеренго гьелдехунги вуссун абуна, гъоркье лъугьайилан, сундулго ургъел гьабугейилан. Шоферасул цӏаралдасан гьелда тӏасалъугьайиланги гьарана гьес. Цо къоялъги щвана дун тукаде. Гьенир даран гьабулел гӏадамалги рукӏана. Цо гӏурус гӏаданалъ жинцаго босараб цо жо нахъе кьолеб букӏана, гӏарац гӏолеб гьечӏиланги абун. Амма гьеб параялъ аскӏой эхетун йикӏарай цо гӏолохъанай ясалъ гьей гӏурусалъе босараб жо нахъе кьезе биччачӏо, гӏарац жинцаго кьуна гьелъухъ. Гьей гӏаданалъул бадиса магӏу гирун бачӏана, баркала Дагъистаналъе гьадинал гӏолилазухъиланги абун. Гьединал мисалал гӏемер рачине бегьула. Гьединго рачине бегьула бахьикъосарал мисалалги."}
{"slug": "7235-giabasil-makhiamadide", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7235-giabasil-makhiamadide", "title": "Гӏабасил Махӏамадиде", "date": "2020-02-20 08:25:53", "categories": ["bakikos"], "text": "(Рипма цӏунун хъвараб)\nДирго лъикӏав гьудул, творческий руччабазул ракӏал жиндихъ паналъарав поэт Гӏабасил Махӏамадиде, гьесухъего, ай рипмаги цӏунун, хъвараб гьаб чанго мухъ бахъун букӏана «Бахьикъосалда».\nВокьулев шагӏир «цӏунун», битӏахъе цӏад базабуна цӏалдолез нижер бахьикъосарал бутӏрузде тӏаде.\nХасго хвалчен бахъун гаргадана Руччаби.\nГъоркьехун лъолеб буго нижерго кечӏги гьелде данде ясаз хъвараб рокьул саринги.\nДир кӏудияв гьудул,\nГӏабасилав мун,\nДуца цадахъ вачун,\nРуччабигун дун:\nТӏокӏаб алхинчӏого\nДица кьолеб тӏун,\nЛъалхъизе течӏого\nГьез гьекъолеб цӏун!\nКъватӏире лъугьана,\nНакӏкӏ буго тӏад лъун,\nХъахӏилаб зоб буго\nБетӏералда цун,\nМусудул гьанир тун,\nМолода раччун,\nИнадай кӏиялго\nКӏудияс рачун…\nГӏабасилав цӏунараб махсара\n(Рипма гьечӏеб)\nОгь, бахьикъосазул эбелав шагӏир,\nЩарил нах щвечӏого, маргарин кунев,\nКечӏ бачӏинчӏеб мехалъ, рипма какулев,\nРокьул гӏашикъасда гӏайибал чӏвалев.\nАвар поэзия чӏалде бачӏиндал,\nШури-къулиго щиб къулун чӏаразул,\nБакъанлъун гӏашикъаб кечӏ гьабулесе,\nМагӏна бугеб гьабе, кӏвани, махсара.\nГӏабасилас гурищ босиги тӏейги,\nТӏадаб налъи гӏадин, тӏубазабураб,\nБахьикъосал гӏадин мехтичӏониги,\nЯсаздаса вохун, гьекъон батила.\nГӏабасилав цӏунун, Набил Мухӏама\nХӏалае вахъине хӏажалъи гьечӏо,\nХӏурулгӏинзабиги руччабилъидал,\nДобаги гьасул иш квеш букӏинаро.\nЖакъа чӏаго гьечӏев «Камалил Башир»\nКакизе рахъарал хъурмазул квешлъи,\nКиналго рокьулев, рокьул малаик\nМахсароде кколел гьазул капурлъи!"}
{"slug": "7236-inaguratsiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7236-inaguratsiya", "title": "Инагурация", "date": "2020-02-20 10:14:41", "categories": ["bakikos"], "text": "Аваданав, пагьму – гьунар кутакав, киналго гӏадамалгун гӏамал рекъон вукӏине бажарулев чи вуго Дагъистаналъул Гостелерадиокомитеталъул кочӏохъан, Цӏумада районалъул Кӏванада росулъа Мухӏамад Мухӏамадов.\nГьанив дица веццичӏониги гӏемеразда лъалев, лъикӏав магӏарулав ккола гьев.\nГьесие кьураб кӏалзул ва кечӏ гьабизе бугеб гьунаралъул гьаб гьитӏинаб бутӏа «Бахьикъосалъе» рекъелилан ракӏалдеги ккун, дица видеоялдаса росун хъвана гьал куплетал.\nКечӏ Мухӏамадица хъван буго рищиязул букӏунеб гӏаммаб ахӏвал – хӏалалъул «хӏохьлада» ва гьелъулъ буго хӏакъикъияб махсароги.\nИнагурация – хъатгурация,\nЦере рахъанщиназ реццгурация,\nХъулухъ, хъулухъ, хъулухъ – тӏадгурация,\nГъоркь ругел къосине сихӏгурация.\nРищиял, ящикал, гьал бюллетенал,\nЦингиги гьаркьазул махгурация…\nГьазие шагьаби, дозие шушби.\nДемократиялъул опробация.\nБергьаразул къотӏноб рохгурация,\nВоре къачӏай тахбакӏ, башгурация,\nКъуразул пашманлъи – гӏодгурация,\nХъулухъ гӏодоб лъолеб пашмурация.\nЦинги банкет, концерт, зурма- къолол хъуй,\nКӏкӏалабахъ багъулеб кьвагьгурация,\nКьуна вацал талихӏ щвана хӏакимлъи,\nБюджеталъул гӏарцул бохгурация…\nИнагурация, хъатгурация,\nЦере рахъанщиназ реццгурация,\nКиналго тӏаделъун вищгурация\nЦинги халкъалъ гъванща хъарсгурация."}
{"slug": "7237-botsiukh-abazda-gorkor-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7237-botsiukh-abazda-gorkor-kharbal", "title": "Боцӏухъабазда гьоркьор харбал", "date": "2020-02-20 10:19:04", "categories": ["bakikos"], "text": "(Пермаялдаса пирямой репортаж)\nПермаялда аскӏосан чвахулеб лъарал рагӏалда лъим гьекъезе колхозалъул гӏакаги къотӏун, хинаб бакъукь тамахал харил тангаздаги кӏусун, одих гьабулел рукӏана Багӏараб Байрахъ щвараб росдал пермачагӏи – дояркаби, пастухал, лабаранткаби, асеменителал, кормачал, ачетчикал ва контролерал.\nРагъулал васпаминаниязул бицине жувана старый поронтовик, пастух Хъайтмаз.\n— Нилъер Нахӏил ридигӏанги гӏемер патиран букӏана гъоб мехалда хӏукуматалъул, — ан ракӏалде щвезабуна гьес. — Бакъанида кьвагьарал патирабазул гохӏ аскӏоб батичӏони, рагъулаан командирзаби. немцал рихьаниги рихьичӏониги, доб рахъалдехун балагьизабун, кьвагьизе тӏамулаан.\n— А гьанже рагъде рахъарал апалченцазе щайха патираби щу-щу гурони кьечӏел? – ан цӏехана гӏолохъанав пастух Хъиличица.\n— Нилъеде тӏаде кӏанцӏарал хъачагъал немцалгӏан гӏемер рукӏинчӏоха ле, — ян жаваб кьуна асеминителазул анкьил курсал лъугӏизарун вачӏарав Хъараца.\n— Цӏаларав чиясул жаваб кьучӏаб букӏуна, — ян гьесда тӏад рекъана Хъайтмаз.\nКиналго разиго ралагьана гӏолохъанав асеминителасухъ. Гьев багӏарлъана.\nХъиличида бакӏлъараб гӏадин лъугьана киналго Хъараде руссин.\n— А дир цойги суал буго, – ян абуна гьес киназдаго рагӏиледухъ. Нилъеца риччантаралани гьадал хъачагъал, битӏахъе Махӏачхъалаялде унаан хӏукумат хисизе. Гьебго хӏукумат хисизе цебего заман щун бугилан абулел чагӏи дандеги рахъун, хъачагъалги нахъ чӏвана.\nКӏиябго рахъалъ чӏварал-лъукъаралги ккана. Хӏукуматалда патеряби ккечӏо. Гьеб кин бичӏчӏилеб?\nКиналго Хъарахъ ралагьана. Гьев вуцӏцӏун чӏун вукӏана. Бихьулеб букӏана асеминителазул курсазда щвараб лъай жизниялъ цере лъурал суалазе жаваб кьезе гӏей гьечӏеб букӏин.\n«Гьениб цо тайный секрет яги даже цо кинаб букӏаниги балъголъи батула», — ян глубакамысленна пикру гьабуна гьес.\nТалихӏалъ гьеб параялъ лъарахъа гӏака тӏад буссана. Тӏолалго гьелъие хъулухъ гьабизе рортана.\nХъараца хӏукму гьабуна тӏасиялъ зооветеринаразул курсазде цӏализе ине.\nЖизни диктует новие теребования."}
{"slug": "7238-tsialdolesul-arza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7238-tsialdolesul-arza", "title": "Цӏалдолесул арза", "date": "2020-02-20 10:38:59", "categories": ["bakikos"], "text": "Ниж какули ру…\nАваргӏор къиналъул хӏинкъиги бихьун\n«Хӏакъикъаталдехун» чучун вукӏана,\nЧанго мисал рехсон гьеб балагьалъул\nБасмаялъе гӏатӏид бицун букӏана\nГьанже цӏалдолевлъун кӏалъалев вуго\nКӏвараб арза бахъун Умаханиде\nХабаралъе добго ургъелги буго,\nАваразе – гӏамаб, дийги гӏахьалаб\nМакъала къачӏарал хӏалчӏахъадаца\nХӏал гьабун батана гьелда саламат,\nСуннатални лъикӏго лъалел жал руго\nЖо нахъе тунгутӏи буго гӏаламат…\nКъаралгӏурул бицун, Каммуналде щун\nЩула гьабураб дир пикруги гьечӏо\nГьаб жакъа лъугьараб ахӏвал – хӏалалъул\nХӏисаб гьабизе гьелъ тӏамулел гьечӏо\nГьадинги къокълъараб макъалаялъул\nМухъал хвезарурав зулмучи щивдай,\nКодобе босидал бисмилагьалъул,\nКалам гьабичӏого хутӏараб киндай?"}
{"slug": "7239-tarbiya-kej-kivar-bugeb-ish", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7239-tarbiya-kej-kivar-bugeb-ish", "title": "Тарбия кьей — кӏвар бугеб иш", "date": "2020-02-20 10:58:33", "categories": ["insan"], "text": "Инсан куцай, гьесие тарбия кьей буго гӏадан цеветӏеялъе чара гьечӏеб хӏужа. Вижаралдаса хвезегӏан инсан вукӏуна сверухълъиялда ругезул мисалазда куцалевлъун. Кигӏан куцаниги, тарбия кьуниги, гьелъул ахир букӏунаро, гьелъие гӏорхъи гьечӏо, амма абичӏого гӏоларо, щибаб пачалихъияб гӏуцӏиялда букӏуна жиндиего хасиятаб тарбия кьей ва гӏадан куцай.\nТарбия кьеялъе ва гӏадан куцаялъе аслиял алаталлъун ккола радио, телевидение, телефонал, газетал, журналал, тӏахьал, цӏикӏкӏаразул хьвада-чӏвади ва гьел гурел цогидалги. Ахир-къадги, тарбия кьеялъул хӏасил — эркенлъи щвей, чияда варавлъун вукӏине бокьунгутӏи ккола.\nТарихалдаса нилъеда лъала, цересел аварагзабазги гӏадамал ахӏана лъикӏлъиялде, куцалел рукӏана гӏамал берцин гьабиялъе. Амма свалат-салам лъеяв Мухӏаммад аварагас босун бачӏараб дин гӏаламалъе букӏана цӏакъго тӏадегӏанаблъун, тарбия кьеялъул тӏогьлъун. Гьес жиндирго мисалалдалъун бихьизабуна радал вахъаралдаса къаси кьижизегӏан инсан кин вукӏине кколевали.\nГьесул тӏолабго гӏумру ана берцинлъиялъул, хӏеренлъиялъул, лъикӏлъиялъул ва битӏараб нухалъул берцинлъи бихьизабулаго ва инсаният гьелде ахӏулаго. Гӏамал берцин гьабиялъул суал жакъаги нилъеда цебе чӏараблъун буго.\nХал гьабуни, жакъа гӏадамазул хьвада-чӏвадиялъулъ бихьулеб буго хъачӏлъи, рахӏму гьечӏолъи, адаб-хъатир гьабунгутӏи, ццим бахъин, хехдари, сабру гьечӏолъи.\nГӏолеб гӏелалъе цебе мисаллъун чӏахӏияб гӏел букӏун батаниги, жакъа чӏахӏияз бихьизабулеб лъикӏаб мисал дагьлъун буго, рекъечӏеб хьвади-чӏвади бихьизабулелги камулел гьечӏо.\nГӏажаиблъи, нилъеца гӏайиб заманалде рехулеб буго, амма дида ракӏалде ккола заман гурин хисун бугеб, нилъго хисун ругилан.\nАбиларо гӏадамазул рукӏа-рахъин, рес буголъи, культура цебеялде дандеккун квешлъанилан. Кьун руго ресал, тун руго эркенго, амма ресалде рачӏанагӏан, адаб-хъатир, гьудул-гьалмагълъи, гӏагарлъиялда гьоркьоб бухьен, гьуинлъи лъугӏун унеб буго. Телевизораздаса, видеояздасан, телефоназдасан бихьизабулеб буго щиб бокьаниги: квешабги лъикӏабги, бегьулебги бегьуларебги, гьерсалги битӏарабги, инжитабги къабихӏабги ва гь. ц. Гьелъ къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб буго чӏвай-хъвей, бикъа-хъами, хъахӏбалъи, чороклъи, бугьтан-гъибат.\nАхир-къадги рачӏунел руго Аллагьасе гӏибадат гьабиялде гурел, гӏарцуе лагълъи гьабиялде. Дунялалъулго мисалалда рекъон, гӏарцуца гьабулеб буго кинабго. Бечелъиялъ гьабизе жо тӏагӏараз гьабулеб гӏумру бихьараб мехалда, гӏун бачӏунеб гӏелалда ракӏалде кколеб буго, щибго гӏакъубаги бихьичӏого, жидецаги бечелъи тӏалаб гьабилилан.\nНилъеца кинабго рехун тун буго ясли-ахаздеги школаздеги. Нилъецаго, эбел-инсуца, яц-вацаз, цогидал чӏахӏияз щиб гьабулеб бугеб бачӏунеб гӏел куцаялъе? Чан эбел-эмен унев ясли-ахазде, школазде, тӏадегӏанал цӏалул идарабазде, жидерго лъималазул ахӏвал-хӏал лъазабизе?\nЖакъа тарбия кьеялъул иш кинха бугеб? Цого-цо рузман къояз гьарулел дагьал-макъалго вагӏзабаз кин нилъер гӏамал-хасиятал лъикӏлъилел?\nДир буго гьадинаб пикру: бегьиларищ телевидениялдасанги газетаздасанги данделъаби ахӏунги, церего хӏадурарал, дандекколел суалалги дандран, жамагӏатазда цере рахъине, школазде, ясли-ахазде хьвадун, гьезие вагӏза-насихӏат гьабизе, гьезухъ гӏенеккизе. Дир хӏисабалда, тарбия кьеялъул хӏалтӏулъе цӏазе ккола гӏолилал.\nГьеб хӏалтӏи букӏине ккола гӏемеррахъазулаблъун. Цадахъ хӏалтӏизе ккола пачалихъалъулги, диниялги, гӏалимзабазулги гӏуцӏаби, цере лъезе ккола кинабго рахъ хӏисабалде росарал масъалаби. Кидагоялдаса гьанже хӏажат буго цӏалиялда тӏад гуребги, тарбияги кьун, гӏадан куцаялда тӏадги хӏалтӏизе. Чара гьечӏого хӏажат буго гӏолилазда, чӏахӏиязда, руччабазда гьоркьор батӏа-батӏаго тарбия кьеялъул данделъаби тӏоритӏизе."}
{"slug": "7240-nil-ergo-chekh-untichioni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7240-nil-ergo-chekh-untichioni", "title": "Нилъерго чехь унтичӏони…", "date": "2020-02-20 11:08:58", "categories": ["pismo"], "text": "Гӏемер бицунебги хъвалебги буго рахьдал мацӏ цӏунизе ккеялъул, гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда мацӏги маданиятги цӏунулеб гъанситолъун хутӏун руго «Хӏакъикъат» газетаги, миллияб театрги, радиоги.\nГъизилюрт шагьаралъул тӏахьазул тукабазда ва киосказда хачӏ гьарун лъун рукӏуна лъицаниги цӏализе росуларел магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏазда рахъарал газеталги, журналалги, тӏахьалги.\nКигӏан бокьичӏониги, рахьдал мацӏалда кӏалъалезулги газеталгун журналал цӏалулезулги къадар дагьлъулеб буго. Гьединабго хӏал буго театралде хьвадулезул рахъалъги.\nДица, школалде хьвадизе байбихьаралдаса нахъе, цӏалулаан магӏарул газетаги, журналги, тӏахьалги. Рагъда хадусел соназ цӏалун рукӏана Цӏ. Хӏамзатил асаразул кӏиябго тӏехь, гьесул кучӏдул рекӏехъеги лъалаан. Нижер Хунзахъ росулъ щибаб рокъоре рачӏунаан «Магӏарул большевик», районалъул «Магӏарул колхозчи» газетал. Школалда цӏалулеб заманалдаго дир лъай-хъвай ккун букӏана Цӏадаса Хӏамзатилгунги. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвараб «Кӏочонареб дандчӏвай» абураб макъала газеталда бахъунги букӏана.\nХадуб, студентлъун вугеб заманалда, лъай-хъвай ккун букӏана Заид Хӏажиевасулгун. Гьес дие сайгъаталъе тӏехьги кьун букӏана.\nИнститут лъугӏун хадуб дир лъай-хъвай ккана Гӏабасил Махӏамадилгун, Фазу Гӏалиевалъулгун, Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасулгун. Гӏабасил Махӏамадица дие сайгъаталъе кьун букӏана «Тӏаса рищарал асаразул» тӏехь. Дида лъалаан театралъул артистал М. Гӏабдулхӏаликъовги, П. Хизроеваги, С. Мажидоваги, кочӏохъаби – Муи Хӏасановаги Даку Асадулаевги, ва гьез дилъ гъира базабуна дагьабги лъикӏ мацӏ лъазабизеги адабият цӏализеги.\nДун гьанже пенсиялда вуго, амма тохтурлъун хӏалтӏулеб заманалда дихъе рачӏарал гӏемерисел магӏарулал дунгун гӏурус мацӏалда кӏалъалаан. Цинги дица гьезда абулаан дун вугин магӏарулав, дида магӏарул мацӏги лъалин, мунги магӏарул мацӏалда кӏалъаян.\nГъизилюрт шагьаралда гӏумру гьабулел гӏадамазул 80-85 процент магӏарулал ругин абуни, мекъи ккеларо. Гъизилюрт шагьаралъул тӏахьазул тукабазда ва киосказда хачӏ гьабун лъун рукӏуна лъицаниги цӏализе росуларел магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏазда рахъарал газеталги, журналалги, тӏахьалги.\nГазеталги рукӏине ккола халкъалъул мурадал тӏуралеллъун. Гьеб мехалда бигьалъизе буго рахьдал мацӏ цӏунизеги газетал цӏалулел гӏемерлъизеги. «Нилъерго чехь унтичӏони, чияр мугъ унтуларин» абураб аби буго магӏарулазул. Нилъеца цӏуничӏони, нилъер мацӏ цогидаз цӏунуларо."}
{"slug": "7241-tsiiyav-nukhmal-ulesul-l-ikial-ishal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7241-tsiiyav-nukhmal-ulesul-l-ikial-ishal", "title": "Цӏияв нухмалъулесул лъикӏал ишал", "date": "2020-02-20 11:20:30", "categories": ["pismo"], "text": "ДРялъул пенсиялъул фондалъул Цӏунтӏа районалда бугеб отделалъул нухмалъулевлъун Мухӏамадов Варис хӏалтӏулев вугелдаса гӏемераб заман гьечӏо. Амма къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана мухӏканго хӏалтӏи гӏуцӏизе гуребги, гьениб хӏалтӏухъабазе санагӏатал шартӏал чӏезаризеги.\nВарисил рахӏатхвей буго пенсиялде ине заман щварал цо-цояз цереккунго документал хӏадур гьарунгутӏиялъ, хъвай-хъвагӏаял цойиде ккезариялде гьез кӏвар кьунгутӏиялъ. «Щокъробе» заман щун хадуб лъугьуна захӏматалъул книжкабазда, паспортазда, лъималазул метрикабазда ва цогидал къваригӏунел документазда хиса-басиял гьаризе, ЗАГСалде, судазде ун, гьел цойиде ккезаризе. Гьелъ пенсия чӏезабиялъул заманги гьоркьоб ун, букӏуна ахӏи-хӏур. Гьеб рахъ роцӏинабиялъул мурадалда отделалда буго «божилъиялъул» телефонги.\nВарис вуго гӏадамазул мурадал тӏуразе хӏаракат бахъулев чи. Гьединав вукӏиналъ гьесдаса рази руго пенсионералги цадахъ хӏалтӏулелги."}
{"slug": "7242-chi-l-aze-bokani-gesul-telefon-rage", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7242-chi-l-aze-bokani-gesul-telefon-rage", "title": "Чи лъазе бокьани гьесул телефон рагье", "date": "2020-02-20 11:38:57", "categories": ["history"], "text": "Дунялалдаго 4,5 миллиард чияс хӏалтӏизабулеб буго Интернет. Мугӏрул росабалъцин гьеб камураб рукъ къанагӏат батила. Интернеталда гьава-бакъ цӏехола сапаралъ рахъиналде, хур-хералъул хӏалтӏи байбихьилалде яги цогидал ишазде лъугьиналде. Росулъ кканщинаб къварилъи-гӏатӏилъи бащдаб сагӏаталда жаниб дунялалъулго бокьараб бакӏалда ругел киналго росуцоязда лъан батула. Цебе тӏубараб къоялъ базаралдаги хьвадун балагьулеб букӏараб ретӏел-тӏагӏелгицин рокъоса къватӏире рахъинчӏого Интернеталдаса босизе рес буго. Унго гьеб тӏолгодунялалъулаб гьинги гьечӏого киндай нилъеца гӏумру гьабулеб букӏарабан ракӏалде ккола гӏемерисеб мехалъ. Битӏун пайда босани, Интернеталъ кьолеб санагӏаталъул гӏемер бицине бегьила. Амма инсанасе гьелъ гьабулеб заралги дагьаб гьечӏебха.\nЦебе гьукъаралъе гьанже ихтияр\nИнтернеталдаса пайда босулелъул киназдаго гуро ракӏалде щолеб бугеб бусурбанчиясул букӏине кколеб хьвада-чӏвади. Социалиял гьиназде раккигун, гӏолилаздагун чӏахӏиязда кӏочонеб буго нилъеца хъванщинаб рагӏул Аллагьасда цебе жаваб кьезе кколеблъи. Исламалда рекъон, инсанасул рухӏияб рахъалъе кинаб заралха бугеб Интернеталъул?\nМасала, гӏадамазда рихьулел бакӏазда цоцаздехун каламцин гьабуларел гӏолилазе рес буго социалиял гьиназда накъиталда рукӏине. Бокьарай тӏаса йищеян ахӏулеб гӏадин, гьенир цере рехун руго гӏолохъанал ясазул сураталцин. Рачӏаха гьеб къагӏида цо 30 соналъ цебеккун заманалде дандекквезин. Доб мехалъ бахӏарай гьаризе ракӏалда бугев гӏолиласда бихьизелъун сурат кьеян лъица бугониги гьарарабани, ясалъул эбел нусцӏул ургъилаан. Гьебали ясалъ балъго-гӏатӏго жинцагоги кьезе рес букӏана, сурат кьолев чи гьелъие рекӏее гӏолев вукӏаравани. Рикӏкӏен гӏемерал бихьиназухъе жиндирго сурат кьолей магӏарул гӏолилай цеечӏезайизе захӏматаб иш гьечӏищ?\nЖакъасеб къоялде тӏадруссани, жамгӏиял гьиназул бокьараб гьумер рагьарабго, «гьале дунги» — ян абулеб гӏадин, цебе рехун бачӏуна гьумер-куц къачӏарал ясазул суратал. Гьезул мухъилъ руго исламалда рекъон ретӏа-къаралги гӏолилал. Чияр ясалъул сураталги рахъун цо-цоккун гьезухъ валагьулев бихьинчи хӏакъирго вихьулев вуго, амма живго бетӏергьанаб телефоналдаса Интернеталда лъурал суратазухъ бокьанагӏан валагьаниги, гьесда рагӏи абулев чи вукӏине гьечӏо. Киназдаго рихьизе бокьичӏебани, бихьиназ жидерго ясазулгун яцазул суратал социалиял гьиназда лъезецин телароанин ккола ракӏалде. Жакъа нилъ киналго гьеб къагӏидаялде ругьунлъун руго, квеш ккараб жо буго гӏемерисезда гьелъулъ кинабгӏаги сурукълъи бихьунгутӏи. Шаргӏалъ щибха абулеб гьелда?\nБухарияс ва Муслимица рицарал хӏадисазда абулеб буго: «Берзул зина ккола гьукъаралде балагьи, гӏинзул – хӏарамаб хабар бицин ва гьукъараб жоялъухъ гӏенекки, кверзул – гьукъараб кодобе боси, гьелда квер хъвай».\n«Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) «гӏинзул зина – гьукъаралъухъ гӏенекки» абурал рагӏабазул магӏна ккола гьерсал рицин, къваригӏелго гьечӏого чияр чӏужугӏаданалъул харбихъ ва каламалъухъ гӏенекки». «Берзул зина» абураб жо бичӏчӏизе бокьани, цо-цо гӏолилазул телефоналда Интернет рагьарабги гӏолеб буго.\nИнтернеталъул тарбия\nИнсанасе къимат кьезе гьесул гьудулзабахъ балагьеян аби буго. Гьанже абизе бегьула – инсанасул хасият лъазе бокьани гьесул телефоналъул халгьабеян. Жакъа къоялда дунялалдаго гӏадамаз бищунго пайда босулеллъун кколел Фейсбук, Инстаграм жамгӏиял гьиназда мисалияв гӏолиласул страницаялде раккани цӏиял харбал, машинаби, спорт, гьудул-гьалмагълъиялъул суратал рихьизе рес буго. Гӏолохъанай эбелалъул телефоналде жанире раккани, батизе буго лъималазул, квен гьабулеб къагӏидаялъул ва гьелдаго релълъанщинаб информация.\nЦо-цо гӏолилазеян абуни, Интернет лъугьун буго рокъобгун къотӏноб тӏатун бихьизе толареб яги бажарулареб гӏамал гьабулеб бакӏлъунги. Цояз гьелдаса пайда босула видео-хӏаязулъе лъугьун, цогидаз жидерго «бахӏарчилъи» бихьизабула батӏи-батӏиял публикациязда гъоркь тӏадчагӏазде рагӏабазул гьужум гьабун. Цо-цояз социалиял гьиназул кумекалдалъун жидеего кӏиабилел, лъабабилел лъудби цӏехола.\nИнтернет нилъер гӏумруялъулъ бессун букӏин якъинаб буго. Гьелъул балъгояб, нилъ кантӏулареб заралалдаса кин рорчӏилел? Гьелъие жаваб батун буго психологазда ва дандекколеб бичӏчӏи кьолеб буго исламиял гӏалимзабаз. Психологазул малъа-хъваязда рекъон, гьитӏинаб къоялдасаго лъималаз телефоналда балагьулелдаги, гьениб хӏалелдаги хадуб халкквезе лъикӏаб буго. Лъимал ралагьулел мультфильмалгицин эбел-инсуца хал гьабичӏого риччазе бегьуларин ахӏи балеб буго гьез. Социалиял гьиназдаги наркотиказде, такъсирчилъиялде, терроризмалде цӏазе бигьаяллъун рикӏкӏунел руго балугълъиялъул ригьалде рахарал лъимал. Интернеталъ малъизе течӏого, лъималазе тарбия нилъецаго кьун лъикӏин рикӏкӏунеб буго исламиял гӏалимзабазги.\nЦӏодорго хӏалтӏизабулеб бугони, Интернеталъул пайдаялъул бицунги хӏалкӏвеларо. Жакъа гӏемерисел руччабаз социалиял гьиназул кумекалдалъун гьабулеб буго даран-базар. Исламалда рекъон, чияр лъадигун телефоналдасан хъвадаризе бегьулищ бихьинчи, гьеб хъвай-хъвагӏаялъулъ, гӏицӏго гӏакълу дандбан гурони, мунагьазукье кколеб пикруги гьечӏони?\nГьеб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ:\n— Хӏажалъи ккечӏого бихьинчи чияр чӏужугӏадангун кӏалъазе, хъвадаризе бегьуларо. Гьединго чӏужугӏаданги бегьуларо чияр бихьинчигун кӏалъазе. Батӏалъи гьечӏо чӏужугӏадан росасда ятаниги ятичӏониги, гьединго бихьинчиясул лъади ятаниги ятичӏониги. Чара гьечӏого кӏалъазе кколел ругони, шаргӏалда рекъон, махсараби ва гӏемер хабар гьабичӏого тӏубазабила.\nДармилъ, нугӏлъи гьабиялъулъ хӏажат ккани гьукъараб гьечӏо бихьинчи чӏужугӏадангун кӏалъазе."}
{"slug": "7243-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7243-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-02-20 11:47:40", "categories": ["history"], "text": "— Лъадиялъе росасда тӏад кинал хӏакъал ругел?\n1. Напакъа кьей (рекъараб). Цо чияс аварагасда гьикъана: «Дуца нижер руччабазул хӏакъалъулъ щиб абулеб, Бичасул Авараг», — илан. Аварагас абуна: «Нужеца гьезие кваназе кье нужецаго кваналеб жоялдаса, нужеца гьезие ретӏизеги кье нужеца ретӏулелдаса, нужеца гьел рухуге ва къабихӏ гьаруге», — абун.\n2. Ретӏине ретӏел чӏезаби (рекъараб).\n3. Берцинго, хъачӏлъичӏого вукӏин.\n4. Лъадул къадру цӏуни, гьелъул балъгояб жо къватӏибе бицинчӏого тей. Аварагас абуна: «Аллагьасда аскӏоб къиямасеб къоялъ чӏолеб бакӏалъул бищун квешаб бакӏалда чӏолел чагӏи ккола, цоцазул балъголъи тӏибитӏизабулел рос-лъади», — абун.\n— Росасда цере лъадиялда тӏад ругел хӏакъал щал кколел?\n1. Аллагьасде гӏасилъиялъулъ хутӏизегӏан росасе мутӏигӏлъи. Аварагас абуна: «Аллагьасде гӏасилъиялъулъ лъиениги мутӏигӏлъи гьечӏо», — абун. Лъади мутӏигӏлъуларо росасе как-кӏал теялъулъ, жагьилаб ретӏел ретӏиялъулъ.\n2. Лъадиялъ цӏунизе ккола росасул рукъ, боцӏи. Гьесул изну букӏун гурони, рокъове чи виччаларо. Я рокъоса щибниги жо кьеларо лъиениги, гьикъун гурого, гьел чагӏи гӏагарал ругониги. Аварагас абуна: «Чиясул бищун лъикӏаб хазина ккола валагьигун гьесул ракӏ бохизе гьабулей, магьаралъе жий мутӏигӏай, рос сапаралде араб мехалъ жиндирго напс цӏунулей ва боцӏул хиянатлъи гьабуларей лъикӏай лъади», — абун.\n3. Росасул изну букӏун гурого рокъоса къватӏие яхъине бегьуларо. Нагагь яхъани, гьелъ тавбу гьабизегӏан Аллагьасул ццин бахъуна ва малаикзабаз нагӏана кьола. Росасе кьолей жиндир ясалда цо гӏаданалъ (гӏарабиялъ) васият гьабуна: «Дир яс, дуда росасул лъикӏаб гурого жо бихьуге, дудаса дос гьуинаб гуреб махӏги сунтӏизе тоге», — абун.\n— Как базе кӏочон тарай гӏаданалъ щиб гьабилеб?\n— Как базе кӏочон тарай гӏаданалъ как бала ракӏалде щвараб мехалда. Аварагас абуна: «Щив чи вугониги как базе кӏочон, я кьижун хутӏун, гьес как бала ракӏалде щвараб мехалъ, гьеб ккола гьелъул гӏуж», — абун.\n— Унтараб мехалда как кин балеб?\n— Яхъун чӏезе кӏоларей хӏалалъ унтун йигони, как бала гӏодойги чӏун. Гӏодой чӏун как базе кӏолареб хӏалалда йигони, егун бала. Гьеб мехалъ суждаялде гӏодое къули дагьаб цӏикӏкӏинабила рукугӏалдаса.\nХӏусенил вас Гӏимранида аварагас абуна: «Дуца как бай вахъун чӏун, гьединги кӏвечӏони — вегун», — абун.\nГьединги хӏал кӏвечӏони, берзул ишараялдалъун бала.\n— Тавбуялъул как щиб кколеб?\n— Гьеб буго тавбу гьабун хадуб балеб суннатаб кӏиго ракагӏат.\n— Щукруялъул сужда щиб кколеб?\n— Гьеб буго цо нухалъ гьабулеб сужда, ай Аллагьас нигӏмат рещтӏинабураб яги балагь тӏаса босараб мехалда гьабулеб. Хирияв аварагас щукруялъул сужда гьабуна Гьамадан Исламалде вачӏиндал.\n(«Чӏужугӏаданалъул гӏибадат ва гьелъул диналда хурхарал амраби» абураб тӏехьалдаса)"}
{"slug": "7249-gielmuyal-chiezabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7249-gielmuyal-chiezabuna", "title": "Гӏелмуялъ чӏезабуна", "date": "2020-02-20 12:22:44", "categories": ["history"], "text": "Гӏалимзабаз гьабураб цӏех-рехалъул хӏасилаздасан баянлъана ракьулъ хасал антибиотикал рукӏин. Гьез бищун захӏматалги бактериязул тайпаби хвезарулелги ратана. Ракьуда кӏолеб буго заралиял бактериял 24 сагӏаталда жанир хвезаризе. Палхӏасил, гӏалимзабазда лъана ракьулъ хасал антибиотикал ругеблъи.\nСвалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго: «Дие тӏолабго ракь гьабуна как балеб бакӏлъун ва рацӏцӏалъиялъе алатлъун. Дир умматалдаса бокьарав чияс как базе бегьула жиндие санагӏалъи ккараб бакӏалда». (Бухари ва Муслим).\nБалагьеха, кин тӏадегӏанав Аллагьас щибаб жо гӏуцӏун бугебали ва гьелъул мунпагӏат бихьизе. Гьеб нилъ тӏад ургъизе ккараб хӏужа гьечӏищ? Аллагьас ракь гьабун буго рацӏцӏалъи гьабулеб алатлъун."}
{"slug": "7250-gialimzabi-busurbabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7250-gialimzabi-busurbabi", "title": "Гӏалимзаби-бусурбаби", "date": "2020-02-20 12:40:45", "categories": ["history"], "text": "Математикаялъул гӏелмуялдаги кӏудияб бутӏа лъурал чагӏи ккола бусурбабазул гӏалимзаби. Масала, профессор Жак Рислерица хъвалеб буго: «Бусурбаби ккола математикаялъул гӏалимзаби», — ян. Цогидав профессор Е. Ф. Готьеца хъван буго: «Алгебра гуребги, математикаялъул цогидал гӏелмабиги Европаялда церетӏуна бусурбабазул кумекалдалъун. Гьединлъидал жакъасеб математикаялда абизе бегьула исламалъул математикайин», — абун.\nМасала, Европаялъ росана бусурбабаз ургъарал тарихал. Жиндир заманалда хӏалтӏизаризе захӏматал румазул тарихалги тун, европаялъулал рачӏун рукӏана «Индиялъул тарихазде». Хадуб къабул гьабуна гӏарабазул тарихалги.\nТӏоцебе гьел тарихал хӏалтӏизаруразул цояв ккола Леонардо Фибоначчи (1170-1240). Северияб Африкаялде щведал гьесие гӏемераб гӏелму щун буго гӏарабаздасан.\n«0» тарихин абуни тӏоцебе хӏалтӏизабуна Хӏаризмаца (780-850) ва гьелдалъун кьучӏ лъунин абизе бегьула алгебраялъе. Алгебраялъул рахъалъ гьес тӏоцебе хъвараб тӏехьалда цӏарги букӏана «Аль-Жабр ва-л-Мукабала» абураб. Бакътӏерхьул улкабазда гьеб тӏехьалда абулаан къокъго — «Аль-Жабр» абун. Гьелъул цӏаралдасан бачӏараб буго «Ал-гебра» абураб рагӏиги.\nМатематикияб гӏелмуялъе кьучӏ лъуразул цояв ккола Баттани (858-929) абурав бусурбанчи.\nЖак Рислерил рагӏабазда рекъон, Баттани ккола тригонометриялъул «эмен».\nСинус – гьебги ккола исламиял гӏалимзабаз ургъараб жо. Гьез гьеб терминалда абулаан «Жайб» абун.\nТригонометриялъул «тангенс», «котангенс», «косинус» гӏадал терминалги нилъее ирсалъе щвана исламияв математик Абул Вафадаса (940-998).\nТригонометриялъул гӏелму загьир гьабуразул цояв вуго Насредин Туси (1201-1274). Тригонометриялъул формулабазул бетӏергьанин абуни ккола ибн Юнус.\n«Бином Ньютона» абураб формула ургъаравги Ньютон гуро. Гьеб ургъарав чи вуго машгьурав шагӏир Гӏумар Хӏайям (1048-1123).\n«Дифференциалги» Ньютонида батичӏеблъи чӏезабуна гӏалимзабаз. Гьеб тӏоцебе батарав ккола Сабит бин Кура (901).\nЦо-цояз абула Декарт кколин (1596-1650) геометрия арифметикагун жубазабурав чийилан. Хӏакъикъаталдайин абуни, гьеб жубазабурав чи ккола Сабит бин Кура.\nАнцӏилал дробал ва гьел хӏалтӏизарулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ тӏоцебе хъвана Гиясюдин Жемшидица (1429).\nАрифметикаялда запятая хӏалтӏизабуравги гьевго вуго.\nХИМИЯ\nЖабир бин Хӏаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гӏумру гьабун рукӏарал гӏалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щиб жоялицин лъалареб заманалда, гьес ран рукӏана лабораториял ва гьенир гьарурал гӏелмиял цӏех-рехаздалъун дунялалдаго цӏарги рагӏана бин Хӏаянил.\nЦӏар рагӏарав химик Абубакар ар-Рази (864-925) ккола, европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цӏаралда гъоркь, тӏоцебе серная кислота ва бацӏцӏадаб спирт ургъарав чи. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. Гӏарадабазе тункӏиххер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана Фатихӏица (1432-1481)."}
{"slug": "7276-gazal-ul-tso-rogioro-sababl-un-rosujishch-bikhkhizabuleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7276-gazal-ul-tso-rogioro-sababl-un-rosujishch-bikhkhizabuleb", "title": "Газалъул цо рогӏоро сабаблъун росуйищ биххизабулеб?", "date": "2020-02-25 07:52:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17 февралалда Хъумторхъала районалъул Цӏияб Шангъода-Шитлиб росдал гӏадамал чӏун рукӏана шагьранухги къан.\nГьелъие гӏиллалъун ккана росулъе газги канлъиги къотӏизабизе «Газпромалъул» хӏалтӏухъаби рачӏин. Гьелдалъун гьел хӏадурулел рукӏана гӏадамазул минаби риххизаризе. Гьединаблъун бихьизабун буго 18 мина (жибго росулъ буго кӏинусгоялде гӏагарун мина). Тӏоцебе биххизабизехъин буго гьезул лъабгояб.\nМинаби гурелги, моцӏида жаниб росдал школаги биххизабизе кколин абураб лъазаби бачӏун букӏана «Газпромалъ» гъоркьиса 3 сентябралда гьелъул директор Узлипат Сагитовалъухъе.\nБицен гьабулел бакӏаздаса 200-300 метралъ рикӏкӏад буго «Моздок-Гъазимухӏамад» абураб ракьулъан лъураб газалъул рогӏоро.\nГьединлъидал газалъул гӏоркь кодоб бугез рикӏкӏуна гьеб бакӏалъул кутакалда хӏинкъи бугин гӏадамазе, гьединлъидал жидерго гӏарцухъ жалго бетӏергьанал минабиги риххизарун, гьел гьениса нахъе ине кколилан.\nГьеб хабар байбихьана 2015 соналдаго.\nАмма гӏадамал рази гьечӏо «Газпромалъул» хӏукмуялда.\nЦин бугони, гьезул умумуз гьенир минаби рана 1978 соналдаго. Газалъул рогӏоройин абуни бачана 2000-абилел соназул байбихьуда.\n«Гӏадамаз жанир гӏумру гьабулел минабиги рихьулаго, щайха гьенисан газ бачараб?» — ин суал лъолеб буго росдал гӏадамаз.\n«Хӏакъикъаталъ» гара-чӏвари гьабурай Загьрат Къебедовалъ бицана жидеда архивалда кӏиго батӏияб документ батанила. Цоялда рекъон, советияб хӏукуматалъ гӏага-шагарго 1937-1940-абилел соназда хӏукму гьабун буго гьел ракьал Шитлибги Шангъодаги росабазе хурзал-ахал гӏезаризе кьезе. Кӏиабилеб документалдайин абуни хъвалеб буго гьел ракьал тӏуранго гьеб росдал бетӏергьанлъиялде кьолел ругилан.\nБукӏаниги, минабиги риххизарун, гӏадамал гьениса нахъе ине кколилан, газалъул хъулухъалъул чагӏи тӏаса ричӏулел гьечӏо. Амма жидее гьебщинаб балагь гьабичӏого, рогӏоро дагьалъ рикӏкӏадасан бачине бегьуларищан чӏун руго гӏадамал. Гьеб жо къабуллъулеб гьечӏо «Газпромалъе».\nКъваригӏун батани, нужецаго добегӏан цӏайила гьеб. Амма хӏакъикъаталда рогӏоро дагьалъ добегӏан бачинеян жал лъугьанигицин, 90-100 млн гъурущ унин гьелда тӏад, хӏалицаго хъизамалги хьихьун ругел жидер киб букӏунеб гьебщинаб гӏарацилан минабазул бетӏергьабиги руго.\n«Гӏемерисел херал ва унтарал гӏадамал руго гьанир. Гьезда унтиги гьел минаби риххизаризехъин ругилан абураб харбица ккезабуна», — ян бицана Загьратица.\nШангъода-Шитлиб росдал гӏадамал гьебго гӏиллаялъ шагьранух къазе рахъун рукӏана 2018 соналдаги гъоркьиса риидалги. Масала, 2018 соналда гьезие лъагӏел кьун букӏана (2019 соналъул марталде щвезегӏан) минабазул документалги цогидабги рукӏалиде ккезабизе.\n«Амма гьеб заманалда жаниб нижер документазулъ щибниги хиса-баси ккечӏо. Къоркъмасхъалаялъул хутӏизегӏан, киналго судазда къолелги руго ниж. Гьанже «Газпромалъги» судебниял приставазе цӏидасан гӏакъуба кьолеб рагӏула судалъул хӏукму тӏубачӏого нуж щай гьедин чӏун ругелилан. Гьел минабиги нижер харжаздалъун риххизаризе кколел рагӏула. Гьелъие гӏоло тракторги бачун рачӏарал приставазе, трактор хӏалтӏизабуралъухъ, минаялъул хважаинас ункъазарго гъурущ кьезе ккола», — ян баян гьабуна Загьратица.\nПалхӏасил, гьеб росулъ цониги чиясул гьечӏо минабазул документал.\nЯ росдал, я минабазул кинабгӏаги статус гьечӏониги, гӏадамазухъ руго хӏалтӏизабураб токалъухъги газалъухъги гӏарац кьурал квитанциял.\nЖидеда бугеб хӏалалъул бицун гьез Москваялде, президент Путинихъе щвезегӏан хъварал кагъталги тӏадруссун Махӏачхъалаялдего рачӏунел руго. Гьединабго хӏасил кколеб буго ДРялъул хӏукуматалде хъварал гӏарзабазулги.\nХадурагӏи\nЦӏияб Шангъода-Шитлиб росдал гӏадамазул мурадал цӏунулев адвокат Заур Башировас «Хӏакъикъаталъе» бицана гьеб суалалда тӏасан ДРялъул хӏукуматалда 18 февралалда данделъи тӏобитӏанин. Гьелдалъун гӏезегӏан гӏадамал разияб хӏукмуги кканила: цин бугони, тӏалъиялъ рагӏи кьун буго гьеб росдае статус кьезе. Кӏиабизе бугони, «Газпромалъулазда» абун буго нужеца гӏадамазул минаби риххизаругейин, гьелъул бакӏалда яги рогӏоро цогидаб бакӏалдасан бачейин, яги гьелъул зарал букӏинаредухъ, гьелда тӏад ракьул цоги гъат гьабейин.\nБицен гьабулеб дагӏбаялда бан пикру лъазе къваригӏун, «Хӏакъикъаталъ» бухьен гьабуна Махӏачхъалаялда бугеб «Газпромалъул» вакиллъиялъулгун. Амма гьелъул хӏалтӏухъабаз инкар гьабуна жаваб кьезе."}
{"slug": "7277-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7277-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "title": "Метер магӏарул мацӏ хвезе батани…", "date": "2020-02-25 10:44:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нижер баян:\nМухӏамад Хӏамзатов ккола Болъихъ районалъул Ансалтӏа-Рахатӏаса.\nЦӏалана СПбГУялъул юридикиябги филологиябги факультетазда. Гьес хъвана гӏелмияб анкьго тӏехьги (гьезул цо-цоял СПбГУялда спецкурс хӏисабалда хӏалтӏизарулел руго), гӏахьаллъана халкъазда гьоркьосеб 18 конференциялдаги.\nХӏалтӏудаса эркенаб заманалда Мухӏамад хьвадула «Дагъистан» централде, гьенире хьвадулезда магӏарул мацӏ малъизе.\nАс-саламу гӏалайкум, хириял магӏарулал.\nГьале анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданиябгун лъай кьеялъул цолъиялда малъулеб буго авар мацӏ.\nГьенир цӏалана магӏарулал гурелги, батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабиги, ай мухӏканго абуни, гӏурусал, татарал, башкирал, кабардинал, черкесал… Ва гьабсагӏат цӏалулелги руго. Гьел рехсарал миллатазул вакилзабазда гъорлъ вуго Мексикаялъул вакилцин.\nГьайгьай, магӏарул гурел миллатазул вакилзабазги кӏудияб кӏвар кьолеб буго авар мацӏалде. Масала, гьелда тӏад хӏалтӏи гьабулеб буго Америкаялъул, Англиялъул, Канадаялъул, Кореялъул, Япониялъул ва цогидалги улкабазул вакилзабазги. Кавказалъул гуребги, хӏатта исламалъул улкабазул тарихалдаги магӏарулаз кколеб буго таманабго бакӏ. Гьелъги батила, магӏарулазул кӏудияб къадар гьечӏониги, дуниялалъул тарихалда гьез кколеб кӏудияб бакӏ.\nЖакъа нилъеда, магӏарулазда, лъалеб гьечӏо нилъерго тарих. Гӏемерисел нилъер тарихалъул хӏужабазул гӏелмиял хӏалтӏаби, тӏахьал руго Турциялъул, Ираналъул, Сириялъул, Германиялъул, Франциялъул, Великобританиялъул, СШАялъул ва цогидалги пачалихъазул архиваздагун библиотекабазда. Руго гьел баянал Россиялъул архиваздаги, амма гьел нилъехъе щолел гьечӏо.\nТӏадеги абизе бокьилаан, Хӏажимурадил бетӏер нахъе кьолареб щай? Къватӏисел улкабазул вакилзабазул магӏарул мацӏ лъазабиялда батила гӏелмияб рахъги, бокьун батила гьезие нилъер гӏамал-хасияталъул тӏабигӏат лъазеги, батизе бегьула гьениб жасуслъиялъул рахъги…\nКин батаниги, дагьалъ цебе дида ракӏалде ккана дун хӏалтӏулеб централде хьвадулел мутагӏилзаби макъалаби хъвазе тӏамизе. Дица гьезие кьуна цо суал – «Магӏарул мацӏ лъазабизе щай дида ракӏалде ккараб?» абураб.\nГьединлъидал ракӏалде ккана гьезул цо-цоял (хъвараб къагӏидаялъул хаслъиги цӏунун) «Хӏакъикъат» газеталда рахъизеги.\nТӏоцевесев мугӏалим\nАссаламу гӏалайкум ва рахӏматуллагьи ва баракатугь!\nДида цӏар Гӏиса буго. Дун гьавуна ва гӏуна Мурманск областалъул Кировск шагьаралда. Дие щвана тӏадегӏанаб лъай. 2007 соналда бетӏербахъи гьабизе дун гочана Санкт-Петербургалде.\nГьитӏинаб мехалдаса нахъего дие бокьулаан батӏи-батӏиял миллатазул мацӏал лъазаризе. Анцӏго сон цебеккун дица байбихьана Кавказалъул мацӏазде кӏвар кьезе. Битӏараб бицани, гӏелмияб рахъалдасан, цебеккун дида гьел мацӏазул хӏакъалъулъ щибниги лъалеб жо букӏинчӏо.\nМагӏарул мацӏалъулгун дир тӏоцебесеб лъай-хъвай хӏалтӏуда ккана. Хӏалтӏуда мадугьалихъ вукӏана Саша абун цӏар бугев вас. Цо пуланаб къоялъ дида лъана гьесул унго-унгояб цӏар Гӏумар букӏин. Дица гьесда цӏехана гьесул миллат ва рахьдал мацӏ кинаб бугебилан. Гьев магӏарулав ватана. Тӏоцебе гьесдасан дида рагӏана ва лъана магӏарул мацӏалъул хӏакъалъулъ.\nФонетикаялъ дие кӏудияб асар гьабуна. Магӏарул мацӏалда руго дида цере рагӏичӏел гӏемерал гьаркьал. Хадуб дица байбихьана интернеталда информация цӏехезе, суалал ругони, дица Гӏумарида гьарулаан баян гьабеян. Хадуб нижеца хӏалтӏизе байбихьана батӏи-батӏиял бакӏазда, гьелдаса хадуб хабар-калам гьабизеги рес букӏинчӏо.\nМагӏарул мацӏалъул дир тӏоцевесев мугӏалим вукӏана Махӏамад Хӏамзатов. Гьес дида малъана фонетикаги грамматикаги. Махӏамад Хӏажиевичасул кумекалдалъун дица рахъана тӏоцересел галабиги магӏарул мацӏ лъазабиялъулъ. Гьелъги батилаха, дие магӏарул мацӏ лъазабизеги захӏмалъичӏеб.\nЛезгинкалъул школалда дир вукӏана цо Гъазихӏума абун цӏар бугев гьудул. Гьес дун Дагъистаналде жиндихъего гьоболлъухъе ахӏана. Гьеб мехалдаса нахъе дун щибаб риидал унаан Хунзахъ районалде.\nМагӏарулал руго цӏакъ гьобол-чи хирияб халкъ. Дие бокьун букӏана гьезул мацӏ бичӏчӏизеги магӏарул мацӏалъ кӏалъазеги. Дир гьудуласул инсуца абулаан: «Тӏоцебесеб лъабго нухалъ Дагъистаналде рещтӏарав чи гьоболлъун вукӏунила, ункъабилеб нухалъ вачӏарав гьобол рукъалъул чилъун рикӏкӏунила».\nДица Дагъистаналде хекко-хекко рухьунел рукӏарал сапараз гьабуна дие кумек магӏарул мацӏ лъазабизеги. Кӏалзул мацӏ-калам лъикӏаланго батӏияб буго адабияталъулалдаса. Гьеб лъазабизе бегьулеб къагӏида буго цого-цо, магӏарулазулгун хабар-калам гӏуцӏани.\nУзухъда, дун пашманав вуго, гьале чанго сон буго, дие рес щолеб гьечӏо, гьаб дие бокьулеб магӏарул мацӏ лъазабизе. Амма дир пикру буго, санагӏалъи ккарабго, магӏарул мацӏ хадубккунги лъазабизе.\nДида ккола магӏарул мацӏ цӏакъ мухӏканаб бугин. Дир рахьдал мацӏ гӏурус бугониги, щаялиго, цо-цо жал дие магӏарул мацӏалъ абизе бокьула. Магӏарул мацӏ гуребги, цоги дие бокьун буго гӏахьвалазул мацӏ лъазабизеги.\nГӏиса Шилов\nЗагӏипго лъалаан\nАссаламу гӏалайкум, хӏурматиял ракьцоял.\nДида цӏар Камил буго. Дица лъугӏизабуна Санкт-Петербургалда бугеб Нартилгун Магӏданазул университет. Дир рахьдал мацӏ буго магӏарул мацӏ. Гьеб буго цӏар арал умумузул мацӏ, гьездаса щвараб, нилъеда багьа гьабун бажарулареб, бечелъи ва кутакаб ирс.\nДун гьавуна Дагъистаналда, Буйнакск районалъул Ахъайтала росулъ. Дун гьавун хадуса нижер хъизан гочана Ямалалда бугеб Ноябрьск шагьаралде. Гьеб шагьаралда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолеб мактаб букӏинчӏо. Гьединлъидал дида магӏарул мацӏ лъикӏ лъалеб букӏинчӏо.\nСанкт-Петербургалде щвараб мехалда дида рагӏана гьенир магӏарул мацӏалъул дарсал кьолин «Дагъистан» абураб культуриябгун просветительлъиялъул централда Мухӏамад Хӏажиевич абурав чияс.\nВа дица хӏукму гьабуна гьениве хьвадизе, магӏарул мацӏ лъикӏ лъазабизе.\nКватӏизегӏан чӏечӏого, дица байбихьана дарсазде хьвадизе.\nГьениб дир лъай-хъвай ккана Петербург шагьаралда цӏали ва гӏумру гьабулел ругел цогидал ракьцоязулгун.\nЦӏали лъугӏигун, дун нахъвуссана Ноябрьск шагьаралде ва байбихьана Севералда бугеб Цӏияб Уренгой шагьаралда дир махщелалда рекъон хӏалтӏизе.\nАбуни, нуж божилароха, гьенирги дида дандчӏвана ракьцоял, хадуб дида тӏадаб букӏана армиялде ун Ватӏаналъе хъулухъ гьабизе.\nКӏудияб гӏажаиблъи ккана гьенир дида ракьцоял солдаталги ва офицерзабиги дандчӏвайдал.\nДун вохарав вуго Россиялъул Федерациялда дун вукӏарал батӏи-батӏияб бакӏазда жиде-жидерго мацӏги, маданиятги, тарихги, ирсги кӏоченчӏел ракьцоял ратиялдаса.\n«Культурно-просветительский центр (Дагъистан)» гӏуцӏарав Гӏиса-хӏажи Гӏусмановасе кӏудияб баркала кьезе бокьун буго. Щай абуни, кинаб букӏаниги багьа кьечӏого, дие рес щвана гьев сабаблъун рахьдал мацӏ лъазабизе.\nКамил Салаватов\nКьурдабиги рокьана, мацӏги бокьана\nАс-саламу гӏалайкум!\nДида цӏар Мария буго. Дун гьаюна, гӏуна ва гӏумру гьабулеб буго Санкт-Петербург шагьаралда.\nДица лъугӏизабуна Герценил цӏаралда бугеб университет ва гьениб дие щвана тарихчиясул махщел.\nХасго дие бокьула магӏарулазул маданият, магӏарул мацӏ, кучӏдул, кьурдаби, квен-тӏех ва гьезул ретӏа-къай. Дица магӏарул мацӏ лъазабулеб буго кӏиго лъагӏелалдаса цӏикӏкӏараб заманалъ Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идараялда.\nДун хьвадула лезгинкаялъул ансамблялдеги. Гьеб ансамблялда цӏар буго «Ритмы Кавказа». Гьелъие нухмалъи гьабула Осетиялдаса Кристина Санакоевалъ. Гьенир дица лъазарулел руго Кавказалъул батӏи-батӏиял миллатазул кьурдаби. Хекко-хекко нижер ансамбль батӏи-батӏиял бакӏазда цебе бахъуна. Дицаги гьениб гӏахьаллъи гьабула. Гьениб гьединго дица ругьун гьабулеб буго къали кьабизеги. Гьениб дир лъай-хъвай ккана батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабигун.\nДица гӏахьаллъи гьабула «Дагъистаналъул гӏолилазул мажлисаздаги». Гьенир ниж кьурдула, ахӏула кучӏдул, рицуна батӏи-батӏиял харбалги, тарихалда лъугьарал хӏужабиги, хекко-хекко бакӏарула нижер годекӏанги, гьанир нижеца гьоркьор лъола батӏи-батӏиял ишалги ва суалалги. Гьениб дир магӏарулазулгун лъай-хъвай буго. Дида лъана Петербургалда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолел ругеблъи, дица хӏукму гьабуна гьение хьвадизе.\nАхиралда дие бокьун буго Гӏисахӏажи Гӏусмановасе баркала загьир гьабизе. Гьесул кумекалдалъун дие рес щвана Петербургалда гьес гӏуцӏараб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идараялда магӏарул мацӏ лъазабизе. Дица баркала кьола ва загьир гьабула дида магӏарул мацӏ малъарав мугӏалим Хӏамзатов Мухӏамадиеги. Дида ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, Дагъистаналде щвезеги\nМария\nГӏисахӏажиясе — баркала\nАс-саламу гӏалайкум, ракьцоял!\nДида цӏар буго Ибрагьим, дун гьавуна ва гӏуна Хасавюрт шагьаралда. Дир умумул руго Казбек районалъул Буртунай росулъа. Дица авар мацӏ лъазабулеб буго, гьеб кӏоченчӏого букӏине. Авар мацӏ буго дир рахьдал мацӏ, жеги гьелде абула магӏарул мацӏилан. Магӏарул мацӏалъ кӏалъалел рукӏана нилъер анкьумумул. Диеги бокьун буго дидагоги рахьдал мацӏ лъикӏ лъазе. Щай абуни, дие бокьун буго дирго лъималаздаги рахьдал мацӏ лъазе. Рахьдал мацӏ буго нилъее умумуздасан щвараб бечедаб ирс.\nШагьаралда гӏумру гьабулеб заманалъ, хекко-хекко нилъеца хӏалтӏизабула халкъазда гьоркъосеб мацӏ хӏисабалда — гӏурус мацӏ. Гьелъги батила, нилъеда дагьабго кӏочана рахьдал мацӏ. Дагъистаналдаса гочараб заманалъ нилъеца рахьдал мацӏ къанагӏат гурони хӏалтӏизабуларо. Гьединги тӏагӏуна нилъер рахьдал мацӏ.\nГьоркьохъеб мактаб лъугӏун хадуб, дун гочана Брянск шагьаралде. Гьенив дун колледжалде цӏализе лъугьана. Колледж лъугӏун хадуб дун ана армиялде Ватӏаналъе хъулухъ гьабизе ва гьениб дица бана кӏиго сон. Армиялдаса тӏад вуссун хадув, дун Москваялде гочана ва байбихьана гьенив хӏалтӏизе. Я Брянскалда, я армиялда, я Москваялда дир санагӏалъи букӏинчӏо рахьдал мацӏалда кӏалъазе.\nМоскваялдаса дун гочана Санкт-Петербургалде. Гьаниб дида лъана Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъул идара букӏин. Гьениве щвараб мехалъ бицана гьенир магӏарул мацӏалъул дарсал кьолел ругилан. Нахъе тӏамичӏого, дица хӏукму гьабуна гьел дарсазде хьвадизе. Ва гьабсагӏат дун гьениве хьвадулев вуго.\nДун цӏакъ вохарав вуго гӏагараб росдадаса ва Дагъистаналдаса рикӏкӏад рахьдал мацӏ лъазабизе щвеялдаса. Дие бокьун буго, тӏоцебесеб иргаялда, баркала кьезе Гӏисахӏажи Гӏусмановасе, щай абуни, гьес нижее чӏезарун руго киналго шартӏал. Ва кӏудияб баркалла нижер авар мацӏалъул мугӏалим Мухӏамад Хӏажиевичасе.\nРакӏалде ккола нилъеца адаб-хӏурмат гьабун цӏунани, магӏарул мацӏ цебетӏелин, гьеб тӏадегӏанаб даражаялдеги бахинилан.\nИбрагьим Шейхов\nКӏалъазе лъаниги\nАссаламу гӏалайкум!\nДида цӏар буго Расул. Дун вуго магӏарулав, Дагъистаналдаса, Харахьи росолъа. Дица гӏумру гьабулеб буго Санкт-Петербург шагьаралда. Жегиги гьитӏинав вугев мехалдаса нахъе щибаб соналъ риидал дун росолъе витӏулев вукӏана эбел-инсуца.\nГьединан дида магӏарул мацӏ лъана. Цинги кӏалъазе лъалеб букӏана, амма хъвадаризеги, тӏахьал цӏализеги лъалеб букӏинчӏо. Битӏун бицани, аскӏор ругездаги лъикӏ лъалеб букӏинчӏо магӏарул мацӏ. Кӏалъазе лъаниги, цӏализе лъиданиги лъалароан. Амма дий кучӏдулги, цогидал тӏахьалги цӏализе бокьун букӏана. Доб заманалда Санкт-Петербург шагьаралда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолел рукӏана «Дагъистан» централда, Васильевасул Чӏинкӏиллъиялда.\nМухӏамад Хӏамзатов вуго гьел дарсал кьолев чи. Гьес гьитӏиназдаги, кӏудияздаги, лъикӏ лъалездаги, церегӏан рачӏараздаги малълъула цӏализеги, кӏалъазеги, хъвадаризеги. Цинги дунги дир гьитӏинав вацги лъугьана гьесухъе хьвадизе. Анкьида жанир цо нухалъ, гьатӏан къоялъ. Цо лъагӏалица лъанаха лъикӏ гьабун магӏарул мацӏ. Гьанже цӏализеги лъала, хъвадаризеги лъала. Цӏакъ баркала Мухӏамадие. Тӏасияб соналъ, Аллагьас хъван батани, дица дирго лъимал ритӏизе руго.\nРасул Гӏусманов\nДагъистаналде сапар\nЛъагӏалидаса цӏикӏкӏараб заманалъ дун ургъулев вукӏана Дагъистаналде сапар бухьине ва ахиралда дица хӏукму гьабуна гьениве ине.\n2019 соналъул 11 августалъ дун Махӏачхъалаялде воржана. Самолет шагьаралде гӏагарлъулеб заманалда дида рихьулел рукӏана берцинал мугӏрулги Каспий ралъадги.\nДун Россиялде вачӏараб 2015 соналда дида гӏемер бицунеб рагӏана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Петербургалда ругел дир гьудулзабаз гӏемер абулаан, Дагъистан хӏинкъараб бакӏ бугилан ва интернеталдаги гӏемер бицунаан гьеб хӏинкъиялъул хӏакъалъулъ. Амма гьеб хӏинкъиялъул дица ургъел гьабичӏо, щай абуни, дун вуго Мексикаялдаса, гьеб жеги хӏинкъараб бакӏ буго. Гьел гӏемер рицунел харбаз дие цӏакъго бокьана Дагъистаналде сапар бухьине. Тӏадежоялъеги, дун вуго Мексикаялдаго Мугӏрузул шагьарилан цӏар араб Монтеррей шагьаралдаса, ва гьелъги батилаха, дир ракӏги Северияб Кавказалде цӏалеб букӏараб.\nАэропорталда дида дандчӏвай гьабуна дир магӏарул мацӏалъул мугӏалим Мухӏаммад Хӏажиевичасги ва гьесул вацгӏал Ахӏмадицаги. Ниж ана Ахӏмадихъе, гьенире къалъуда щвана ва нижеца гьениб къадеквен гьабуна, хадур ниж таксиялда Рахатӏе ана.\nБайбихьудаго дир пикру букӏана лъабго-ункъо къо гьениб базе. Мугӏрузул нухазда нижеца бахъана ункъо сагӏат, гьеб букӏана гӏажаибго берцинаб ва гьелъ дие кӏудияб асарги гьабуна. Дие цӏакъ рокьана нухда ругел гӏисинал мажгиталги гӏурччинал исламалъул байрахъалги. Ниж Буйнакскиялдасахун рачӏана, цӏакъ бокьун букӏана гьеб шагьар бихьизеги, амма нижер заман букӏинчӏо, щай абуни, ниж дуниял рукӏкӏиналде магӏарухъе щвезе кколел рукӏана. Аллагьас хъван батани, хадусеб нухалъ щвезе ватила.\nБуйнакскиялдаса хадур ниж рахана мугӏрузде ва гьениб бугеб туннель тун хадур ниж щвана имам Шамилил росулъе — Генуре. Гьелдаса хадур ниж Черкеялъул (Чӏикӏаб – ред.) жаниблъиялде лъугьана. Нухдасан унаго нижеда рихьулел рукӏана берцинаб ва гучаб гӏорги берцинал мугӏурулги.\nНиж Мухӏаммадихъе рокъоре щвана сагӏат анцӏгоялда бащдаб хӏалтӏараб заманалъ, нижеда дандчӏвай гьабуна гьесул эбелалъги яцалъги. Ниж тӏаде щвелалде хӏадурун батана къасиквенги. Радал вахъараб заманалъ, рукъалда цебе дида бихьана мегӏер ва гьелъ дун цӏакъ гӏажаиблъизавуна. Гьеб мегӏералъ дида ракӏалде щвезабуна дирго гӏагараб шагьар. Хадув дун ана ахикье. Гьенир рукӏана гӏечулги, генулги, мокьролги ва кокомилги гъутӏби ва гьениб букӏана берцинаб майданги, гьенир рукӏана накӏкӏил гъутӏбиги. Гьениса хадув дун щвана лъарахъеги.\nДун радал кваналеб мехалъ, нижеде тӏаде вачӏана Мухӏаммадил вацасул вас. Дун гьелгун цадахъ Къурбан Байрамалде хъвезе чахъу бачине ана. Гьеб букӏана дир тӏоцебесеб Къурбан Байрамалъул къо. Тӏубараб къоялъ тӏаде рачӏунел рукӏана гӏагаралги, мадугьалзабиги, гьудулзабиги, лъалел-хъвалелги, росуцоялги Къурбан Байрам баркизе. Дие гьениб бокьана киназулгун лъай-хъвай гьабизе ва магӏарул калам рагӏизе.\nГьебго къоялъ бакъанида ниж ана росулъ бугеб лъадал гьобо бихьизеги, дида гьениб дир гӏумруялда жаниб тӏоцебе бихьана урба гьабулеб къагӏида. Амма гьобо къачӏалеб букӏана, гьединлъидал нижее данде ккечӏо урба, ханжу гьабулеб къагӏида бихьизе. Ниж гьоболлъухъе ахӏана Мухӏаммадил росуцояв Мухӏаммадов Халилица.\nКъаси Мухӏаммад Хӏажиевичасухъе вачӏана гьесул вацгӏал Хангерей. Гьесда цадахъ рукӏана гьесул васги ва гьесул гьоболги. Хангерейица дун ахӏана гьоболлъухъе. Гьесул мина буго Ансалтӏа, гохӏда. Минаялда цебе буго пихъил ахги, гьениб бугоан цӏибил, микъир, ва бахчаги. Радал дун гьес вахъине гьавуна рогьалил как базе, ниж ана мадугьалихъ бугеб мажгиталде как базе. Мажгиталда дие цӏакъ бокьана. Гьениб бугеб гӏадлу-низамалъ дие кӏудияб асар гьабуна. Мажгиталдаса нахъруссун хадур, ниж кваназе журана, бихьулеб букӏана гьесул хъизан гьобол-чи хирияб ва гьелъие кӏудияб кӏвар кьолеб букӏин.\nГьенисан ниж ана Ансалтӏе гьениб бугеб гьобо бихьизе. Гьабихъ букӏана годекӏанги, нижеца гьезие салам кьуна ва дица лъай-хъвай гьабуна гьенир ругел гӏадамазулгун. Ниж цоцада кӏалъана, дун Мексикаялдаса гьобол вукӏин лъараб мехалъ, гьел цӏакъ рохана. Бихьулеб букӏана, гьелги гьобол-чи хириял гӏадамал рукӏин, гьалбадеридехун гьезул кӏудияб адаб-хӏурмат букӏана.\nГьениса ниж ана гьобо бихьизе. Гьеб букӏана лъадал гьобо. Дида гьениб бихьана ханжуги урбаги гьабулеб къагӏида. Хадур ниж гьоболлъухъе ахӏана гьабихъ аскӏов вугев Мухӏаммад Хӏайбулаевас (бегасул Хӏабичил) Гьесги гьесул хъизаналъги гьабуна цӏакъ берцинаб гьоболлъи. Гьесие нижеца баркалаги кьуна ва рокъоре тӏад руссана. Хадусеб къоялъ ниж гьоболлъухъ ахӏана Рахатӏаса Мухӏаммад Гӏалиевас (Гӏумар-Хӏажил).\nГьенибги къачӏан батана батӏи-батӏиял нигӏматазул стол. Гьениб нижеца лъикӏаланго заман бахъана. Хадур ниж, гьезие баркалаги кьун, къватӏире рахъана ва рокъоре тӏад руссана. Арбагӏ къоялъ бакъанида дун ана Махӏачхъалаялде. Гьенив дун рещтӏана Каспий ралъдада аскӏоб бугеб «Каспий» петералда.\nГьениб дица бахъана ункъо къо. Гьениб дица лъай-хъвай гьабуна Махӏачхъалаялда чӏей бугев дир магӏарул мацӏалъул мугӏалимасул мадугьал Мухӏаммад-Загьид Гъазиевасулгун. Гьес гьениб хӏалтӏизабулеб буго «Кӏудияб бугьун» абураб ашбаз-хана. Щибаб ригьалъ дун гьениве хьвадулаан кваназе. Гьенир хӏадурулел рукӏана Дагъистаналъул халкъазул гурелги цогидал миллатазулги кванил нигӏмат-тӏагӏамал. Бихьулеб букӏана Мухӏаммад-Загьидги гьобол-чи хирияв гӏадан вукӏин. Гьениб дица лъай-хъвай гьабуна гьесул вас Шамилилгунги.\nШамат къоялъ дун музеялде ана, хадув цо дагьалъ шагьаралда свера-тирана. Дида ракӏалда букӏана цӏар рагӏараб Дербент шагьаралдеги щвезе. Амма заман букӏинчӏо. Ракӏалдаги буго, Аллагьас хъван батани, хадусеб нухалъ гьенибе сапар бухьине. Гьатӏан къоялъ дун Петербургалде воржана.\nДида бичӏчӏана аслияб къагӏидаялъ Дагъистаналда, магӏарухъ — Рахатӏаги Ансалтӏаги — лъикӏ букӏанилан. Дида дандчӏвана ва лъай-хъвай ккана цӏакъ лъикӏал, гьобол-чагӏазул адаб-хӏурмат цӏикӏкӏарал гӏадамазулгун. Мугӏрул рукӏана цӏакъ берцинал. Дие бокьана лъарги, ахалги, къватӏалги ва минабиги. Махӏачхъалаяда вугеб мехалъ, дун мугӏрузде урхъун вукӏана. Гьабсагӏат абуни, Петербургалда дун ургъулев вуго кидадай дун жеги магӏарухъе щвелаян.\nГьеб сапаралда дида гӏемераб жо бичӏчӏана. Цебеккун Дагъистаналъул хӏакъалъулъ дида рагӏараб жо кинабго битӏараб гьечӏеблъи. Киса-кирго руго батӏи-батӏияб гӏамал-хасияталъул гӏадамал. Нилъеда гьоркьорги камуларо лъикӏаб гуреб хьвада-чӏвадиялъул гӏадамал. Гьелъин абулеб, цо-цо гӏадамазухъ балагьун, нилъеца тӏубараб халкъалъе лъикӏаб гуреб къимат кьезе бегьуларилан.\nЦо-цо гӏадамазе бокьула паранг, ингилис, немец яги гӏурус маданият ва гьез лъазарула гьел халкъазул мацӏал. Гьенире сапаралги рухьуна, тира-сверизеги уна. Диени абуни, бокьана Дагъистанги, гьенир ругел гӏадамалги, гьезул гӏадаталги, щайгурелъул, дунги гӏурав вуго Мексикаялъул мугӏрузда.\nБищунго цӏакъ кӏудияб баркала кьезе бокьун буго Петербургалда бугеб Культурно-Просветительский Центр «Дагъистан» гӏуцӏарав Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа Гӏиса-Хӏажи Гӏусмановасе. Щай абуни, гьесул баракаталдалъун дие рес щвана магӏарул мацӏ лъазабизе.\nАхӏмад Гонсалес\nДир рокьи бижана авар мацӏалде\nРакӏалда гьечӏого дир гӏумруялде жанибе лъугьана авар мацӏ ва гъобсагӏатго дир рокьиги ккана. Гьале анцӏгогӏанасеб сон унеб буго авар мацӏалде дир пикруги буссаралдаса.\nДида цӏар Рания буго. Гьаюна Санкт-Петербург шагьаралда, гьоркьохъеб мактаб лъугӏана Мурманск областалда ва цо соналъ цӏалана СШАялда. Дие бокьун букӏана таржамачиясул махщел щвезе, гьединлъидал дун лъугьана Санкт-Петербургалъул пачалихъияб университеталда бугеб филологиялъул факультеталде. Хадуб дица тӏадчӏей гьабуна экономикияб гӏелмуялда ва чанго соналъ дун дармил компаниялда менеджерлъун хӏалтӏана. Гьелда тӏадеги, лъимерлъиялдаса нахъе дица байбихьана батӏи-батӏиял кьурдаби лъазаризе, гьединлъидал Петербургалде щвейгунги балагьулеб букӏана кьурдизе малъулеб бакӏ.\nКинабго хисана Ашраф Магьдиевас (Белокани росу, Азербайжан) ва Мухӏаммад Цӏадиевас (Гьоцӏалъ росу, Хунзахъ район) нухмалъи гьабулеб Дагъистаналъул кьурдул «Гьудуллъи» ансамблялде дун ккарабго. Гьенир рукӏана батӏи-батӏиял миллатазул ясал ва цого-цо магӏарулал васал. Нухмалъулелги васалги гара-чӏварулел рукӏана авар мацӏалда. Гьеб гара-чӏвариялъ дида ракӏалде щвана дун филолог йикӏин, амма дица бищунго гӏажаиблъи гьабуна авар мацӏалъул гьаркьазда. Университеталдаги дие бищун бокьулеб предмет фонетика (гьаркьазул гӏелму) букӏана, гьединлъидал авар мацӏалъул гьаркьазги дие кӏудияб асар гьабуна. Ракӏчӏараб буго, дуниялалда цониги филологас авар мацӏалъул калам-гьаркьазде кӏвар кьечӏого теларилан. Гьелдаса нахъе гьеб ансамблялде дун хьвадулаан диктофонгун ва кьурдабазул дарсал лъугӏун хадур дица диктофоналда хъвараб гьаракь-каламалъул хӏисаб гьабулаан ва хӏаракат бахъулаан кинабго такрар гьабизе.\nКватӏичӏого дица цӏехезе байбихьана авар мацӏалъул дарсал ва мугӏалим. Гьеб цӏех-рехалъ дун ячана Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абулеб маданияталъулгун лъай кьеялъул цолъиялде. Гьениб дир лъай-хъвай ккана дир тӏоцевесев авар мацӏалъул мугӏалим Мухӏаммад Хӏамзатовасулгун (Ансалтӏа-Рахатӏа росу, Болъихъ район).\nХабар-каламалдалъунги дарсаздалъунги дица байбихьана тӏоцересел галаби рахъизе авар мацӏ лъазабиялде. Щибаб рагӏиялъе магӏна ва таржама гьабулаан, маданият-тарихгун гӏадаталги кьочӏое росун. Гьелдаго цадахъ дица ралагьулел рукӏана авар мацӏалъул рагӏибуссал, кинал рукӏаниги тӏахьал дицаго тӏадеги авар мацӏ лъазабизе. Кигӏан дица хӏаракат бахъаниги, Санкт-Петербургалъул библиотекабазда дие хӏажаталщинал тӏахьал ратичӏо. Гьединго дида батичӏо магӏарул гурел миллатазе хъвараб кинаб букӏаниги тӏехь-сурсатги. Дун щиб гьабилеб лъаларого хутӏун йикӏана.\nДида бичӏчӏана, авар мацӏ лъазе ккани, цо нух букӏин — Дагъистаналде ине, гьенир хасал тӏахьал ралагьизе, магӏарулазулгун лъай-хъвай гьабизе, магӏарул гурел миллатазе жалго тӏадчӏун авар мацӏ лъазабизе рес кьолеб тӏехь гӏуцӏизеги. Гьенир батӏи-батӏиял мацӏазул гӏаммалги хасалги гӏаламатал рихьизаризе.\nГьедин дица хӏукму гьабуна Россиялъул Гӏелмияб Академиялъул Дагъистаналъул Гӏелмияб Цолъиялда (ДНЦ РАН) бугеб аспирантураялде лъугьине ва Махӏачхъалаялде гочине, гьениб мутагӏилзабазда ингилис мацӏ малъизе, диссертациялда тӏад хӏалтӏизе.\nГьеб ишалдалъун дие талихӏаб рес щвана дир вукӏинесев гӏелмияв нухмалъулев Мухӏаммад Мухӏаммадовасулгун (Рулдаб росу, Чӏарада район) лъай-хъвай гьабизеги. Доб мехалъ гьев РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул нухмалъулев вукӏана, гьанже Дагъистаналъул аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ккола. Гьев вуго машгьурав гӏалимчи, мустахӏикъав мугӏалим ва хӏурматияв хӏаракатчи. Гьес дие сайгъат гьаруна авар мацӏалъул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьал, лъай-хъвай гьабуна мугӏалимзабазулгун, кидаго дир гӏелмияб хӏалтӏуе кумек гьабула, лъай-хъвай гьабуна жиндирго хъизан-лъималгун, гьоболлъухъ ахӏана жиндирго гӏагараб росулъе.\nГьединго дие бокьун буго баркала загьир гьабизе РАНалъул ДНЦялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мухӏаммад Мухӏаммадовасе, гӏелмияв хӏалтӏухъан Юнус Муртазагӏалиевасе, ДГПУялъул Дагъистаналъул мацӏазул кафедраялъул нухмалъулев Мухӏаммад Нурмухӏамадовасе, ДГУялъул ингилис мацӏалъул кафедраялъул нухмалъулей Хӏайбат Кадачиевалъе ва гьединго ДГУялъул мугӏалимзабигун мутагӏилзабазеги — гьезул лъикӏаб бербалагьиялъухъ, гӏакълуялъухъ, кумекалъухъ ва кверчӏваялъухъ. Дагъистаналде щваралдаса ва авар мацӏ лъазабизе байбихьаралдаса нахъе дие кӏудияб талихӏ ккана жиндир ишалъул махщел бергьарал устарзабигун гьудул-гьалмагъзабигун дандчӏваялъ.\nРания (Санкт-Петербург)"}
{"slug": "7278-l-abilal-ul-bakialda-unk-ilab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7278-l-abilal-ul-bakialda-unk-ilab", "title": "Лъабилалъул бакӏалда — ункъилаб", "date": "2020-02-25 11:04:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьаб анкьалъул байбихьуда республикаялде вачӏун вукӏана РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцов. ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновгун цадахъ гьев щвана Махӏачхъалаялъул № 26 гимназиялде. Гьениб тӏаде бараб цӏияб корпус бихьизабуна гьалбадерида гимназиялъул нухмалъиялъ. Цере гьенир лъимал лъабго сменаялъ цӏалулел рукӏун ратани, гьанже кӏигоялъ гурони цӏалуларо.\nГьебго къоялъ, 17 февралалда, республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевасгун цадахъ «Гьудуллъиялъул минаялъуб» данделъи тӏобитӏана Сергей Кравцовас.\nГьоркьоб лъун букӏана 2020 соналда Пачалихъалъул цогояб экзаменалда цебе республикаялъул бугеб хӏадурлъиялъул суал. Гьелда гьединго гӏахьаллъана Кравцовасда цадахъ республикаялде вачӏарав Анзор Музаевги. Гьев ккола лъай кьеялда хадуб хал кколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев.\nМугӏалимзабазе щиб пайдаха кьураб Кравцовас Дагъистаналде гьабураб сапаралъилан гьикъулеб бугони, Хӏамзат Жамалудиновас баян гьабулеб буго гьеб. Гьев ккола Махӏачхъалаялда бугеб учительзабазул лъай камил гьабулеб институталъул (ДИРО) нухмалъулев.\n— Республикаялда чанги цӏияб школа банин, гьелдалъун лъабго ригьалъ цӏализарулел лъималазул къадарги дагь гьабизе кӏванин абуна Васильевас гьениб, — илан бицана Хӏамзат Жамалудиновас. — Гьединго, араб соналъ гӏадин, школазе тӏахьал рикьараб мех ахирал соназда букӏинчӏилан абизе бегьула, гьебги лъикӏаб хӏасил ккана. Амма бищун аслияб жо — нилъер республикаялда ЕГЭ тӏобитӏараб куцалъе лъикӏаб къимат кьуна Сергей Кравцовас.\nДанделъиялъул хӏасил гьабуни, бищун дие рагӏизе бокьун букӏараб кӏиго суалалъул гӏатӏидго бицинчӏо гьениб. Тӏоцебесеб, школалъул директорзабазул хӏакъалъулъ. Камилав, тадбир бугев, гъваридаб лъаялъул директор вугони, бокьараб школалъул къимат борхула кибго. Лъималазе гъваридаб лъайги щола гьениб, гӏадлуги букӏуна, эбел-эменги разиго рукӏуна. Гьединаб мисалалда хӏалтӏулел рукӏана советияб заманалда рукӏарал школалъул директорзаби. Жакъасел директорзаби руго щибниги чӏанкӏги жавабчилъиги гьечӏел. Нижеца ЕГЭ гьабунаха, лъималазда кьезе кӏвечӏохайилан рукӏуна. Кӏвезе кканани, гьезие лъай кьезе ккеларищ?\nКӏиабилеб суал буго цӏалдохъабазе лъолел къиматазул. 1461-гӏанасеб школа буго республикаялда. Амма гьенир мугӏалимзабаз лъималазул лъай борцунеб куцалде балагьани, бицине нечараб хӏал буго. Ункъилалда дарс бицани — ункъил, щуйилалда бицани — щуйил лъолеб гьечӏо. Мисалалъе, тӏубараб четверталъ ункъилал гурони щолев вукӏинчӏев цӏалдохъанасе, лъагӏалил къиматалъул хӏасил гьабулаго лъолеб буго щуйилаб. Гьединго лъабилазда гурони цӏаличӏесе щун батулеб буго ункъилаб. Гьединаб бербалагьи мугӏалимзабазулги букӏаго, кинаб лъаялъул даражаялъул нилъеца бицине бегьулеб? — илан абуна Хӏ. Жамалудиновас."}
{"slug": "7280-bakhiarchil-iyal-e-khvel-bukiunaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7280-bakhiarchil-iyal-e-khvel-bukiunaro", "title": "Бахӏарчилъиялъе хвел букӏунаро", "date": "2020-02-25 11:05:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьединаб ахӏиялда гъоркь Казбек районалъул Дилим росдал маданияталъул рокъоб тӏобитӏана данделъи. Гьениб райадминистрациялъул бетӏерасул заместитель Икрамудин Салимхановас бицана Афгъанистаналда букӏараб рагъул ва Совет Союзалъ гьелъулъ лъураб бутӏаялъул хӏакъалъулъ.\n— Афгъанистаналда букӏараб рагъда нилъер ватӏаналдаса гӏахьаллъи гьабуна 600 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс. Гьезда гьоркьоса хвана ва чӏвана 15 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи, 54 азаргояв лъукъана. 417 чи асирлъуде ккана ва араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, — ян бицана И. Салимхановас.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухтарпаша Гӏумахановасул рахъалдаса Афгъаналъул рагъул ветераназе сайгъатал кьуна «Единая Россия» партиялъул Казбек районалда бугеб отделениялъул председатель Сагӏид Алтумирзаевас. Гьезда гьоркьой йикӏана Афгъанистаналда хварав Ленинаулалдаса Назирдин Салимхановасул эбел Патӏиматги.\nЩаяли гьеб данделъиялда йикӏинчӏо гӏарзаги кьун Афгъанистаналде арай медсестра Умижат Юсупова. Районалда цо гурони гьечӏо гьединай чӏужугӏаданги.\nДанделъи лъугӏун хадуб дица гара-чӏвари гьабуна цо-цо ветераназулгун. Масала, Россиялъул афгъаналъулазул союзалъул Казбек районалда бугеб гӏуцӏиялъул бетӏер Гӏали Гӏабдуразакъовас бицана жив рагъде кин ккаравали.\n— 1986 соналда витӏана дун Афгъанистаналде. Кӏиго соналъ хӏалтӏана «Урал» машинаялда. Совет Союзалъулгун гӏорхъода ругел Афгъанистаналъул Пулихумри ва Хайратон шагьараздаса Жалалабадалде щвезегӏан 500-600 километралъ квана-гьекъолел жал раччулаан дица. Цебе-хадуб 50-60 «Урал» букӏунаан. Гьел цӏунун лъелал аскаразул бронемашинабиги, тӏасан роржунел вертолеталги рукӏунаан. Гьедин цӏунаниги, тунка-гӏуси ккечӏого хутӏулароан, — ан ракӏалде щвезабуна Гӏ. Гӏабдуразакъовас.\nЖакъа Казбек районалда вугев 66 афгъаналъуласул цояв ккола Хубар росулъа Хӏасан Хӏасановги.\n— Дун Афгъанистаналде ккана гьениб рагъ байбихьараб тӏоцебесеб (1979) соналдаго. Сапёрасул махщалие цӏаларав десантник вукӏана дун. Кӏиго соналда жаниб бищунго захӏматаблъун букӏана нижер бронетранспортёрги кьвагьизабун, 11 чи лъукъараб ва цояв хвараб къо.\nКишлакалги сверун ккун, нижеца чӏухь балаан, душманал ругищали балагьулаан. Цо нухалъ кквезе щун вукӏана гьединаб горсвериялдаса ворчӏарав цо американавги. Пакистаналдаса гьениве витӏарав инструктор вукӏун вуго гьев, — ан бицана Хӏ. Хӏасановас.\nЛенинаулалдаса Надирбег Амаев армиялде ахӏун вукӏана 1979 соналъул риидал. Сержантазул школа лъугӏидал, гьебго соналъул декабралда Афгъанистаналдеги витӏун вуго. Лъелазул бронетранспортералда отделениялъул командирлъунги тӏамуна. Нилъер аскариял рачӏинегӏан гьез сверун ккун чӏезарулаан афгъаналъулазул\nросаби.\nТары-Буры кӏкӏалахъ чӏарал душманазде гьужум гьабулаго, гьев лъукъана 1981 соналъул 11 маялда. Чанго моцӏалъ госпиталалдаги вегун, рокъове тӏадги вуссана."}
{"slug": "7279-rossiyalda-ankabileb-baki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7279-rossiyalda-ankabileb-baki", "title": "Россиялда – анкьабилеб бакӏ", "date": "2020-02-25 11:11:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "19 февралалда Каспийскиялда кӏодо гьабуна Ватӏан цӏунулезул къо. Байрам гӏуцӏун букӏана Совет Союзалъул Бахӏарчи Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб Каспийскиялъул ралъдал кадетазул школа-интернаталда (КМШИ). Гьелда гӏахьаллъана шагьаралъул школазул тарбия кьеялъул рахъалъ директоразул заместителалги, ДРялъул Гӏолилазул ишазул министерствоялъул ва Каспиялъул флотилиялъул вакилзабиги, Совет Союзалъул ва Россиялъул Бахӏарзазул хӏакъалъулъ тӏехьалъул автор Зикрула Ильясовги.\nБайрам байбихьана кадетазул интернаталъул цӏалдохъабазе шапакъатал кьеялъул тадбиралдаса. Гьенив кӏалъазе вахъарав ДРялъул Гӏолилазул ишазул министерствоялъул гӏолилазул централъул директорасул заместитель Рашид Гӏабдулаевас бицана 2019 соналда КМШИялъул кадетаз тӏоцебесеб бакӏ ккунин «Зарница» абураб рагъулабгун патриотияб тарбия кьеялъул тадбиралда. Гьелъул хӏасилалда команда гӏахьаллъанин Тӏолгороссиялъул къецалдаги. 80 командаялда гьоркьоб КМШИялъул кадетал мустахӏикълъанин анкьабилеб бакӏалъе. Абизе ккола, рагъулаб лъаялъул рахъалъ тӏоритӏарал къецазда Дагъистаналъул кадетазе тӏоцебесеб бакӏги щвана гьениб.\n«Кадетазул хӏаракаталдаса рази вуго дун. Нуж руго рукӏинесел бахӏарзалги нагагь хӏажалъани, тӏоцебесеб кьерда ватӏан цӏунизе рахъунел аскариялги. Жакъа дида бихьана нужер махщел, цокӏалго хӏетӏе босизе бажари, пуланаб масъала тӏубазабизе цадахъ рекъон хӏалтӏизе куцан ругеблъи», — ян бицана Зикрула Ильясовас.\nМахӏачхъалаялъул Рагъулаб реццалъул музеялъул директор Жаннет Сагидовалъ школалде рачӏун рукӏана Мухӏамад Хӏажиевасул хӏакъалъулъ бицунел материалалги. Масала, гьес нухмалъи гьабулеб букӏараб гамил макетги, гама гъанкъараб бакӏалдаса, ай ралъдал тӏиналдаса босараб гамачӏги, Бахӏарчиясул рагъулаб шинельги ва цогидал экспонаталги."}
{"slug": "7281-dag-istaniyal-sakh-garize-tiadegi-20-mlrd-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7281-dag-istaniyal-sakh-garize-tiadegi-20-mlrd-g-urushch", "title": "Дагъистаниял сах гьаризе — тӏадеги 20 млрд гъурущ", "date": "2020-02-25 11:16:47", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 февралалда республикаялъул журналисталгун дандчӏвана сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимов.\nЖурналистаз суалал кьелалде, сахлъи цӏуниялъулъ ругел лъикӏал хӏасилазул бицана гьес. Масала, исана 5 млрд гъурщидалъун цӏикӏкӏине бугила «Сахлъи цӏуни» абураб миллияб проекталъе Дагъистаналде биччалеб гӏарац. Гӏагараб анлъго соналда жанибин абуни гьеб проекталда тӏад харж гьабизе буго 20 млрд гъурущ.\nГьелдалъун тӏалъиялда ракӏалда буго республикаялда цо-цо унтаби дагьлъизаризе (рекӏелгун бидурихьазул, ракалъул, лъимал хвеялда хурхарал ва цогидалги).\nМинистрас бицана гьеб гӏарцухъ ФАПалги разе хӏажат бугин. Исана 20 бакӏалда разе рагӏула гьел. Гъоркьисаги гьедигӏанаселго ран руго.\n2024 соналдехун росабалъ киса-кирго лъезе руго гьел пунктал. Тӏадежоялъе, интернетги бачине буго цӏиял ФАПазде. Хасго тохтурас унтарасе малъа-хъваялги рецепталги онлайн-режималдалъун интернеталдасан кьолеб къагӏидаги билълъинабизе буго кватӏичӏого. Райбольницабаздаса киналго анализазул жавабалги гьенире рачӏунеб къагӏида букӏина.\nАмма тохтур унтарасда гьумер битӏун кӏалъазе ккелин, бицараб гьуинаб хабаралъ гьесие даруялдасагицин кӏудияб асар гьабулин абуна цо журналисталъ министрасда. Букӏаниги, дунял глобализациялде унеб гьаб заманалда гьединал жалаздаса нахъе кӏанцӏун чӏезе бегьуларин абураб пикру бугеб къагӏидаха министерствоялъул.\nХалкъалда гьоркьоб гӏемер разилъи гьечӏолъи букӏуна «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» машинаби я кватӏун щолин, яги рачӏинчӏого чӏолин абун.\nГьелда бан министрас баян кьуна сордо-къоялда жаниб гьел машинаби Махӏачхъалаялда 700 бакӏалде ахӏулилан. Хасго гӏодоркъояз гӏемер ахӏулел руго гьел.\nГьанжелъизегӏан машинабиги цӏакъго басриял рукӏана. Гьанжего-гьанже цӏилъизабулеб буго гьезул паркги.\nМахӏачхъалаялъе бихьизабун буго «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» 45 бригада.\nХадуб министрас жавабал кьуна журналистазул суалазе.\n— Медицинаялъул лъай щварал гӏолилал шагьараздаго чӏезе кколел руго жиде-жидер росабалъ хӏалтӏи щунгутӏиялъ: 70 сонил ригьалде раханиги, больницабаздаса нахъе унел гьечӏо тохтурзабигун сестраби. Гьеб рахъалъ щиб кумек министерствоялъ гӏолохъабазе гьабулеб бугеб?\n— Буго гьединаб масъала. Хас гьабун дихъеги рачӏуна кумек гьарун. Ниж гьелда тӏад хӏалтӏулел руго. Дагъистаналде тӏадруссине бокьарал 50 сонидаса тӏаде арал махщелчагӏицин цогидал регионаздаса нахъе ахӏулел руго нижеца. Гьединазул 60 чи вачӏана гъоркьиса.\nАмма, битӏараб бицани, хӏалтӏи балагьулел гӏолохъанал специалистазул гӏемерисел ратула Рутул, Цӏумада яги Цӏунтӏа районазда гурел, гӏицӏго Махӏачхъалаялда хӏалтӏи щвезе къваригӏарал чагӏи. Дербент, Гъизляр, Хасавюртгицин дандекколаро гьезие.\n— «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» бицунеб букӏана дуца. Гьел машинабазул шоферзабазул гӏезегӏан масъалаби руго нужеца кӏвар кьезе ккарал. Хӏалтӏул къотӏи-къаялда рихьизарурал гӏемерисел тӏалабал тӏуралел гьечӏо тӏалъиялъ. Масала, я хӏухьбахъиялъе шартӏал гуро, я носилкаби росаралъухъ тӏаде кьолеб гӏарац гуро, ялъуни хисун ретӏине хӏалтӏудасан кьолеб ретӏел гуро…\n— Битӏараб буго. Иш хӏакъикъаталдаги гьедин буго. Гьединлъидал нижее къваригӏун буго «Хехаб медицинаялъул кумек» централизованияб куцалда цо бакӏалде — ДЦМКялде (Дагестанский центр медицины катастроф) гъорлъе бачине. Гьеб мехалда бигьалъилаан сундаго хадуб халкквезе.\nКватӏичӏого бан бахъуна «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» хӏалтӏухъабаз хӏухьбахъи гьабизе бакӏги.\n— «Хӏакъикъат» газеталде Цӏунтӏа районалдасан хъвалеб буго жидер доба участковияб кӏиго больницаги «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» пункталги къалел ругилан. Иш гьелде ине биччагеян, дудеги ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасдеги ахӏи балеб буго гьез. Амма райцентралде щвезегӏан рекӏун унаго лъабгоги-ункъоги сагӏат балел росабалъ гьединаб жо гьабизе бегьулебищ гӏадамазе?\n— Гьеб районалъул бетӏерав тохтур вачӏун вукӏана дихъе кӏиго-лъабгониги нухалда гьеб суалалъ — унтаразул къадарги дагьаб букӏун, дора ругел специалистазде цо кӏудияб хӏалги кколеб гьечӏин, гьединлъидал штатал къазе ругилан. Амма дица гьесда абуна мун нужерго районалъул бетӏерги вачун вачӏайин дихъе, унго-унголъунги гьел больницабиги пункталги нужее къваригӏун гьечӏолъиялъе гьесги нугӏлъи гьабуни, къалин дица гьел бакӏалилан. Гьединлъидал гьанжеги такрар гьабулеб буго: районалъул бетӏерги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, рагӏи билълъарал гӏадамалги рачун рачӏа дихъе, нилъеца киналго рахъалги хӏисабалде росун, къотӏила хӏукму."}
{"slug": "7282-g-izilyurtaldagi-rakialde-shchvezaruna-bakhiarzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7282-g-izilyurtaldagi-rakialde-shchvezaruna-bakhiarzal", "title": "Гъизилюрталдаги ракӏалде щвезаруна бахӏарзал", "date": "2020-02-25 11:22:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тӏубаялъул хӏурматалда тадбир тӏобитӏана Гъизилюрт шагьаралъул администрациялдаги.\nГъизилюрталъул Херазул советалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдулаевас ракӏалде щвезаруна шагьаралъул №7 школалда жиндаго цере цӏалулел рукӏарал ва хадур Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго чӏварал Хӏасрат Хӏасратовги Александр Шапошниковги.\nГъизилюрталдаса кинавниги 11 гӏолохъанчи чӏван вуго Афгъанистаналда. Гьезул цӏарал хъван руго Гъизилюрталъул «Афгъаналъулазул ахикь» бугеб мармаралъул хъорщода. Жакъа шагьаралда чӏаго вуго Афгъанистаналъул рагъул 77 ветеран.\nГъизилюрт районалъул Комсомольское росдал школалъул цӏалдохъабаз бицана 1983 соналъул 16 маялда Афгъанистаналда чӏварав Нухӏудин Хӏажиевасул хӏакъалъулъ.\nЖиндирго рагъулав гьалмагъ-ги хвасар гьавун, минаялда тӏа-деги ккун, хун вуго гьев. Жакъа Нухӏудинил цӏар кьун буго гьев цӏа-лараб росдал школалъе, гьенибго рагьун буго гьесул цӏаралда музейги.\nАбадиялъго жидерго цӏарал мармар гьецӏоялда хъварал Гъизилюрталдаса гӏолохъаби ккола Мухӏамадхӏабиб Темиев, Гӏабдулвагьаб Юсупов, Гӏибайдула Гьиматов, Гӏумар Хӏасанов, Назирдин Салимханов, Россиялъул Бахӏарчи Нухӏудин Хӏажиев, Алхан Капаров, Хӏасрат Хӏасратов, Александр Шапошников, Ахӏмадула Гунашев ва Гӏусман Мухӏамадов.\nГьединал данделъабазда кидаго гӏахьаллъи гьабула Хӏасратов Хӏасратил эбел-инсуцаги. Хӏасрат гьавуна 1965 соналда Махӏачхъалаялда. Афгъанистаналде гьев ккана Саратовалъул юридикияб институталда цӏалулев вукӏаго армиялде ахӏун хадув, 1984 соналда. Чӏвана 1986 соналъул январалда.\nГьенибго Гъизилюрт шагьара-лъул мэр Малик Патахӏовас «Болъихъ районалда рагъ ккаралдаса 20 сон тӏубаялъул» медаль кьуна шагьаралъул собраниялъул депутат Хӏажи Биярслановасе. Гьеб щвана 1999 соналъ хъачагъал нахъчӏвазелъун гӏуцӏараб милициялъул къокъаялда гъорлъ вукӏарав полициялъул полковник Абакар Гӏабдулкъадировасеги.\nБаркалаялъул кагъат кьуна гьеб тадбир бачарай №2 школалъул директор, шагьаралъул Жамгӏияб Палатаялъул вакил Азипат Шагьрудиновалъеги.\nШагьаралъул Маданияталъул рукъалъул церехъабаз ва школлъималаз концерталъулаб программаги хӏадурун батана ветераназе."}
{"slug": "7283-derbental-ul-rig-nizhedago-l-ala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7283-derbental-ul-rig-nizhedago-l-ala", "title": "Дербенталъул ригь нижедаго лъала", "date": "2020-02-25 11:25:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дербент шагьаралъул мэр Хизри Абакаровасда ракӏалда буго некӏсияб шагьаралъул хӏакъикъияб ригь щиб бугебали мухӏкан гьабизе. Гьелда тӏад хӏалтӏизе Россиялдаса археологазул къокъа ахӏизе ракӏалда буго гьесда.\nАмма гьелдасаги цебе гьел археологал тӏад хӏалтӏизе рагӏула Нарын-Хъалаялда батараб некӏсияб хутӏелалъул цӏех-рехалда тӏад. 18 февралалда хӏалтӏулаб сапаргун Москваялда вукӏаго, Дербенталъул мэр дандчӏван вуго археологазул къокъагун. Гьеб дандчӏваялда гьесда цадахъ вукӏун вуго Россиялъул гӏелмабазул академиялъул гӏалимчи, нилъер ракьцояв Хизри Гӏамирхановги. Гьеб дандчӏваялъул хӏасиллъун ккана, дунялалдаго цӏар рагӏарал Россиялъул Гӏелмабазул Академиялда хӏалтӏулел археологал Леонид Беляевги Владимир Седовги Дербенталде ахӏизе.\nГӏалимзабазул хасаб комиссияги гӏуцӏун, шагьаралда ругел киналго тарихиял бакӏазул мухӏканго цӏех-рех гьабизе буго гьез, гьелдаго цадахъ Нарын-Хъалаялда батараб некӏсияб хутӏелалъулги. Хӏакъикъаталда сундуе гьеб бан букӏараб: хъала хӏисабалдайищ ялъуни лъел нахърател цӏунулеб гъуйищ гьеб букӏарабали чӏезабизе буго гӏалимзабаз.\nХадусеб иргаялда — гьелго гӏалимзаби хӏалтӏизе руго Дербенталъул хӏакъикъияб ригь кинаб бугебали лъазабизелъун.\nАмма ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев Махӏач Мусаевас бицана гьел гӏалимзаби Дербенталде ахӏиялъул щибниги магӏна гьечӏилан.\n«Дербентги гьелъул тарихиял бакӏалги тӏокӏкӏун лъалел, бергьарал гӏалимзаби руго жакъа республикаялда. Къватӏиса чи гьанив хӏажат гьечӏо. Москваялдаса археологал гьанире рачӏани, гьез цин нусго батӏияб тӏехь цӏализе ккола некӏсияб шагьаралъул тарихалъул хӏакъалъулъ. Дора Москваялдаги рукӏун, гьоркьохъел гӏасрабазул тарихалда гъорлъан, Дербенталъул гьез гьабулеб цӏех-рехги, гьаниб бугеб тарихги тӏубан батӏияб жо букӏин бичӏчӏизе ккола гьезда. Ахирги гьелъул щиб ккезе бугебали лъалищ, нижеде тӏаде ккезе буго гьеб кинабго хӏалтӏи», — ян абуна Махӏач Мусаевас.\nДербенталъул чан сон бугеб абураб суалалда тӏасан гӏалимзабазул бахӏс унеб букӏана щуго соналъ цебеги. Официалияб куцалъ рикӏкӏуна некӏсияб шагьаралъ 2000 сон бугилан. 2015 соналда гьеб юбилейги кӏодо гьабун букӏана Дербенталда. Амма руго гӏалимзаби гьелъул 5000 сон бугилан абулелги."}
{"slug": "7284-afg-anistanalde-shchola-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7284-afg-anistanalde-shchola-pikrabi", "title": "Афгъанистаналде щола пикраби", "date": "2020-02-25 11:27:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "{mp3}3{/mp3}\n15 февралалда 31 лъагӏел сверана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Гьезда гьоркьор рукӏана 3000-ялдаса цӏикӏкӏун нилъер ракьцоявги. Щибаб соналъ гьеб къо тӏаде щварабго, Махӏачхъалаялда бугеб «Афгъаназул ахикье» ракӏарарал гьезие тӏанчидасан баркиялъул каламги цӏалун лъугӏула хӏакимзабаз афгъаналъулазул гьабулеб хӏурмат.\nГьеб цохӏо дир пикру гуро, жалго Афгъаналъул ветераназ чанго нухалъ тасдикъ гьабураб хӏужа буго. Гьединлъидал нижеда ракӏалде ккана гьезул цо-цоязул ракӏалдещвеял кьезе жакъасеб номералда.\nДида, Афгъанистаналъул цӏар бахъарабго, тӏоцебе ракӏалде щола лъимерлъи, магӏарухъ гортӏа лъураб радио. Гьенисан Патӏимат Магаевалъ ахӏулеб цӏакъ ракӏгурхӏараб кечӏ. Афгъанистаналда чӏварав Шамил районалъул Тӏелекьа гӏолохъанчиясде гьабураб гьеб кечӏ рагӏарабго цадахъго гӏодулаан дир эбелги:\nЕгун макьу гьечӏо, магӏарулалъе —\nАфгъанистаналда рагъда вуго вас…\nХӏакъикъаталдаги я макьил, я кванил тӏагӏам букӏинчӏо рагъулъ жидерго васал ругел улбузе. Гьезул чамазул ургьимес бежизабураб маххул къалиялъуб бачӏараб жаназаялъ.\nАфгъаналъул мугӏруз\nбахъараб сахлъи\nГъуниб районалъул Гьонодаса Хӏайбулаев Нустӏапа Афгъанистаналде ккана 1986 соналда. Хъулухъ гьабизе ккана Кундуз шагьаралде. 1987 соналъул хасалихъе захӏматго лъукъун вуго гьев. Гӏагарлъиялда гьелъул хӏакъикъат лъалеб букӏунги гьечӏо. Гьанже нахъе гьечӏей гьесул яцалъ бицунаан жинда лъалаанин гьев Афгъанистаналда вукӏаравлъи, амма Нустӏапаца гьеб бахчулеб букӏин рекӏее гӏечӏей гьелъ кагъат хъван буго гьесухъе:\n«Нустӏапа, щай дуца бахчулеб мун Афгъанистаналда вукӏин? Нижер ракӏал чармил ругеланищ дуда кколеб? Гьадинги ургьимес бежулеб бугин дир дур пикрабаз», — ан. Москваялъул госпиталалда сахги гьавун вачӏана Нустӏапа.\nГьев рокъове щун вугилан рагӏарай жий, унго, чӏаго вугищ дир вацилан гӏодилаго, гьесда данде екерараб куц ракӏалде щвезабулаан Умайсатица.\nЖивго Нустӏапае Афгъанистаналда вукӏараб заман ракӏалде щвезабизе бокьуларо. Чан нухалъ хӏалбихьаниги, кӏвечӏо гьесухъа живго лъукъараб куцалъул хӏакъалъулъ бицинабунги.\n«Дида Гъуниб военкоматалде ахӏараб мехалъго лъалеб букӏана дун Афгъанистаналде витӏулеблъи. Махӏачхъалаялде щведал, дир команда хисичӏо, гьеб мехалъ якъинго бичӏчӏана гьениве кколеблъи. Анлъго моцӏ Узбекистаналъул Термизи шагьаралда бана рагъуе куцалаго. Дирги цогидасулги рес букӏана рагъде инарин чӏезе. Доре ине къоял хутӏарабго, плацалда, киналго ракӏарараб бакӏалда генералас гьикъидалха нижеда лъиейин бокьун гьечӏеб Афгъанистаналде инеян. Дида кӏолаан дун витӏугейин абизе, амма, бадире ралагьун мунго гӏадал гӏолохъабиги рукӏаго, кинха гьедин абилеб?»\nАфгъанистаналда лъукъун хадуб, Нустӏапае щун руго «Багӏараб Цӏва» орденги цогидал медалалги.\n«Гьел шапакъатаз дие кьезе жо гьечӏо. Щиб гьез гьабизе бугеб, дир араб гӏолохъанлъиги, Афгъанистаналъ чӏвараб сахлъиги гьез тӏадбуссинабиларо. Гӏицӏго пашманал ракӏалдещвеял гурони, гьез дие кьезе жо гьечӏо», — ян абуна гьес\nРази гьечӏо Нустӏапа жакъасел хӏакимзабаз Афгъанистаналъул ветераназдехун бихьизабулеб бербалагьиялдасаги:\n«Щибаб соналъ Махӏачхъалаялда Афгъаназул ахикье нижги ракӏарун, тӏанчидасан цого рагӏабиги цӏалун, баркула гьез нижеда 15 февралалъул къо. Амма тӏокӏаб гьездасан щолеб жо гьечӏо».\n1999 соналъ Болъихъе Басаевасулги Хаттабилги аскар бачӏиндал, «Интербригадаялда» цадахъ гьениве ине жиндир цӏар тӏоцебе хъван букӏанин бицана гьес.\n«Афгъанистаналдаса тӏадруссаразул 50 чи гьенив вукӏана. 15 къоги бана нижеца гьениб. Рагъулъ гӏахьаллъизе дун ккечӏо, амма ракӏалъ ахӏараб гьаги тӏубазабун ун вукӏана гьениве».\nГӏедегӏун кӏетӏана дур рекӏел сагӏат\nГьесдаго релълъараб къисмат букӏанин абизе бегьула цоги дир росуцояв Къурбанов Мухӏамадилги. Гьев Афгъанистаналде ккана 1984 соналда, Саратовалъул политехникияб институталъул тӏоцебесеб курсалдаса хадув. Афгъанистаналде витӏилалде Туркменистаналда бан буго гьесги анлъго моцӏ. Ашхабадалдаса тӏоцебе гьесул кагъат бачӏиндал, бусурбаби ругеб бакӏалде ккун вугин василан, гьедигӏанго ургъелго чӏвачӏин жиндайилан ракӏалде щвезабулаан гьесул эбел Султаноца. Амма инсуда бичӏчӏун буго вас, Афгъанистаналде витӏилалде, гьенив хъулухъ гьабулев вукӏин.\nХадуб кинабго хӏакъикъат бичӏчӏарай эбелалъе сундулго тӏагӏам букӏинчӏо. Васасда цебе чӏезейилан, росдал гӏадамал цӏул гьабизе хьвадулеб жамагӏаталъул нух къачӏан буго гьелъги росасги киридахъ, моцӏица гьениреги хьвадун. Хадув вас унтун госпиталалда вугин рагӏидал, гьесда хадурги ун рукӏун руго. Багӏарараб Афгъанистаналъул ракьалъ рухӏун, пулхарал хӏатӏалгун ватун вуго гьезда Мухӏамад.\nГӏебеде щваравго, жиндирго ракӏалдещвеязда бицунеб букӏун буго гьес, анцӏго кагъат толаанин жиндица, батӏи-батӏияб къо-моцӏги гъоркь хъван, нагагь иргадулаб рагъулаб тӏадкъаялдаса нахъвуссинчӏони, дир эбел-инсухъе ритӏейилан, гьалмагъасда тӏадкъан.\nЦо нухалъ, иргадулаб рагъулаб сапаралъ унаго, БТРалде вахарав Мухӏамад гъоркье рещтӏун вуго, гьениб гӏодов чӏезе къваридго батун. Цогидалда тӏадги рекӏун вачӏунаго, гьоркьоб заман индал, кьвагьун буго гьасда цебе-цебе унеб букӏараб, тӏоцеве гьев тӏаде вахун вукӏараб БТР.\nГьелда релълъарал лахӏзатал чанги рукӏун ратила гьесул Афгъанистаналда. Нустӏапаего гӏадин, Мухӏамадиеги бокьулеб букӏун гьечӏо гьеб заманалъул хӏакъалъулъ бицине.\nАфгъанистаналъ гьоркьоб къотӏизабураб цӏалиги лъугӏизабун, гьев хӏалтӏана пачалихъалъул жавабиял хъулухъазда. 2009 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вукӏана республикаялъул Хӏукуматалъул ва президентасул администрациялда. Гьелде щвезегӏан чанго соналъ МЧСалдаги хӏалтӏана.\nАфгъаналъулазул къо тӏаде щвезе кӏиго къо хутӏидал, исана 13 февралалда хехаб унтиги чӏван, къанщана Мухӏамадил берал. Гьелда цересел къояз хъизангун цадахъ зияраталъ Турциялде ун вукӏана гьев.\nТӏурачӏел анищалгун, гӏумруялде рахъине къотӏи букӏинчӏел чӏахӏиял къасдалги гьанирго тун, ана гьев. Жеги 54 сон бан букӏинчӏо Афгъанистаналъул ветеранас.\nГьесул Инстаграмалда буго 28 декабралда гьединабго хехаб унтиги чӏван гӏумруялдаса ватӏалъарав, Афгъанистаналда цадахъ вукӏарав рагъулав гьудуласул зигара бан гьес хъварал рагӏаби. Доб мехалъ гьесда ракӏалде ккун букӏанадай, кӏиго моцӏ данде щвелалде жиндиргоги къоял лъугӏулел ругилан?\nХадурагӏи\nДие, щаяли лъаларо, цӏакъ гӏагараб буго Афгъанистаналда рагъулел рукӏарал ракьцоязул къисмат. Гьел киналго къисматалъ тӏаса рищун ккарал рукӏана чияр ракьалде. Бищун талихӏкъосаразда жидерго гӏажалги батана гьениб балагьун чӏун. Гьезул щивасул букӏана жиндирго гӏумруги, йокьулей гӏаданги, тӏурачӏел анищалги. Гьезул щивасул букӏана жидерго рухӏияб дунял. Амма къисматалъ батӏайиса къотӏана хӏукму. Чӏаго нахъруссаразулги хутӏана гӏицӏго кьогӏал ракӏалдещвеял…"}
{"slug": "7285-diktant-kh-vaze-dandel-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7285-diktant-kh-vaze-dandel-ana", "title": "Диктант хъвазе данделъана", "date": "2020-02-25 11:36:53", "categories": ["lit"], "text": "Церегӏанго къоязда «Россия — дир тарих» абураб парк-музеялда тӏобитӏана Гӏахьвахъ районалъул маданияталъул ва искусствоялъул къоял. Тарихияб музеялда гӏуцӏун букӏана районалдаса рахъарал машгьурал художникал Гӏабдулатӏип Ашибовасул, Гӏабдулмутӏал Нурмухӏамадовасул, Чакар Тӏалхӏатовалъул, Камал Тархол хӏалтӏабазул выставка, тӏабигӏиял, тарихиял памятниказул суратазул, гӏурус, авар, кӏкӏаралазул, гӏахьвалазул ва багвалазул мацӏазда къватӏире риччарал тӏахьазул ва цӏалулгун методикияб литератураялъул выставкабиги.\nКъокъабго цеберагӏигун дандеруссин рагьана Россиялъул халкъазул маданияталъул ва гӏадатазул районалъулаб централъул нухмалъулев Денга Махиевас.\nДанделъиялда кӏалъана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимов, «Россия – дир тарих» парк-музеялъул директорасул заместитель Ахӏмад Къурбанов, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул рахьдал мацӏазул ассоциациялъул президент, РАНалъул член-корреспондент Хӏажимет Сафаргӏалиев, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул управлениялъул начальник Мухӏамад Дайтбегов, Халкъияб Собраниялъул депутат Исмагӏил Мухӏамадшарипов, «Кӏаратӏа» обществоялъул председатель Хӏайбула Хӏайбулаев, «Ашвадо» газеталъул бетӏерав редактор Макъсуд Хӏажиев.\nДанделъаразе кӏкӏаралазул, гӏахьвалазул мацӏазда кучӏдул цӏалана Кӏаратӏа росдал школалъул, Къамишхъутаналъул гимназиялъул цӏалдохъабаз, Кӏаратӏаса рагӏул устар Гъазияв Гъазиевас, Кванкъеро росулъа шагӏир, «Гӏумруялъул лъалкӏал» тӏехьалъул автор Нурмухӏамад Расуловас.\nМацӏазул байрамалъул гӏахьалчагӏаз кӏудияб асар гьабуна «Гӏахьвахъ» фольклорияб коллективалъул церерахъиналъ. Гьелъул нухмалъулей ккола ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Жарадат Анварбегова. «Россия – дир тарих» парк-музеялъул залалда гӏахьвалаз ва кӏкӏаралаз жиде-жидер мацӏазда хъвана гӏаммаб диктантги. Гӏахьвалазул мацӏалда диктант тӏобитӏана ДГПУялъул кафедраялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Индира Гӏабдулаевалъ ва Гӏахьвахъ районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей, филологиял гӏелмабазул кандидат Зайдат Шамхаловалъ, кӏкӏаралазул мацӏалда – Каримат Гъалбацӏовалъ.\nБищунго дагьал гъалатӏал риччаразе комиссиялъ кьуна Хӏурматалъул грамотаби ва сайгъатал."}
{"slug": "7287-baleb-akhii-bugo-matsi-tsiunejilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7287-baleb-akhii-bugo-matsi-tsiunejilan", "title": "Балеб ахӏи буго мацӏ цӏунейилан…", "date": "2020-02-25 13:00:50", "categories": ["kultur"], "text": "Магӏарулазул гӏаммаб данделъи бугин рагӏигун гьенибе ракӏ гӏедегӏулеб батила миллат бокьулезул. Амма цӏакъго цӏикӏкӏун гьечӏищ мацӏ цӏунеян ахӏулел, холеб бугин зигардулел, щиб бицунги чӏоларел.\nБухари тӏагъур лъун, чухъа ретӏун, гормендо-чохтӏоялъ гьурмал гургин гьарун рахъулел руго суратал, малъарун кӏалъалел руго данделъабазда. Гӏицӏго гьел суратал гурони цогидаб лъалкӏ рекӏелъ, ракьалда толарезда хӏалкъала цо-цо.\nКӏудияб ахӏи-хӏуралда жалгоги рихьизарун, кьибил щулалъуларел, гӏаркьалаби цӏилъуларел, ишал гьарулезда гьереси-патриотазул рихьдае хӏай абун гуреб, цоги щиб цӏарха лъелеб? Дун магӏарулав вугин цеве вахъун магӏарул мацӏалда щуго рагӏи дандбан бажаруларесе гьелъул бицун щай? Рахъунелго щай халкъалда цере гьороца хъамун унеб тӏамах гӏадаб хабаргун?\nМацӏ цӏунеян трибунаялде рахунел, Шамилил цӏарги байрахъалъе ккун кӏалъалел, магӏуялъ лъалъанищ нужер гьурмал Хӏамзаевасул «Имам Шамил» цӏалун, сороданищ ракӏ Сагӏид-афандиясул назмабаз, малъияз, суалазе жавабаз? Намуслъун багӏарлъанищ Ахӏмад-хӏажил «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» мажмугӏалде къулун? Кинал тӏахьал ругел нужер столалда тӏад къойил рагьулел? Бугищ Расулил «Дир Дагъистан», халкъалъул гӏакъиллъи жанибе бачарал «Кицаби ва Абиял», «Аварагасул хӏадисал»? Цӏалулищ нужерго районалъул казият, ракьцоял-хъвадарухъабазул асарал, рагьулищ щибаб анкьалъ «Хӏакъикъат», «Ас-салам»? Росулищ гьениса дарсал? Бицунищ гьелъул гьудулзабазул горсверулъ, хъизан-лъималазе рокъоб, годекӏаниб? Мех-мехалъниги нужер ракӏ цӏалищ «Гьудуллъи», «Магӏарулай», «Лачен» журналазде. Гьаб тӏадехун рехсанщинаб щибаб рокъоб цӏалани, «мацӏ цӏуне» абун ахӏи базего ккелароан? Лъалищ цӏиял гьунаразул цӏар. Сурукъ рихьулищ гьалаглъиялъ чангит тӏун араб гӏищкъу халкъалъе гьуршун кучӏдул хъвалел, ахӏулел руччаби? Рекӏее пахрулъи кьолеб, щайтӏан бохулеб ишалда лъеладай баракат? Кинаб мацӏалда нуж Аллагьасде руссунел, какда хадуб хваразе дугӏа гьабулеб?\nНуж ццидаххунге, хириял цӏалдолел, гьал мухъалги цӏалун. Цин — щайтӏаналъухъан, адабгун намус — Аллагьасухъан букӏин малъулеб бугелъул нилъеда.\nБетӏергьанас къуват кьеги ритӏухъаб рагӏул хвалчен лъикӏал ишазе хӏалтӏизабизе."}
{"slug": "7286-mugirul-tun-avlakh-alde-gocharal-magiarulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7286-mugirul-tun-avlakh-alde-gocharal-magiarulal", "title": "Мугӏрул тун авлахъалде гочарал магӏарулал", "date": "2020-02-25 13:00:54", "categories": ["lit"], "text": "Магӏарул районаздаса гӏатӏиракьалде гочарал магӏарулазул гӏагараб мацӏалде бугеб гӏажаибго недегьаб рокьуца ракӏ бохизабуна Хасавюрт районалъул Кокрек росдал школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул церерахъиналдаса хадуб.\nГьенир данделъун рукӏана магӏарул мацӏалъул гъасда цоги нухалда бакараб цӏадухъ хинлъизе. Ахӏулаго магӏарул кечӏгун, кьабулаго къалигун, дандчӏвай гьабуна гьез хӏурматиял гьалбадерида. Магӏарул мацӏалъул байрамалде ахӏун рукӏана шагӏир Тубхӏат Зургьалова ва «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.\nЦӏалдохъабаз ва учительзабаз ахӏана ва рикӏкӏана магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул. Гьединго гьез кӏвар кьуна исана юбиляраллъун кколел Тубхӏат Зургьаловалъул ва Шамил Мухӏидиновасул махщелчилъиялде, бицана гьезул асаразул ва гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Цӏалдохъабаз суалалги кьуна Тубхӏатие. Гьелъги бицана магӏарул адабияталъул хӏакъалъулъ, жиндирго кучӏдулги цӏалана шагӏиралъ байрамалъул гӏахьалчагӏазе. Гьединго магӏарул мацӏалъул тадбиралде рачӏаразда байрам баркана школалъул директор Халид Гӏумаровасги.\nМагӏарул мацӏалъул байрам гӏуцӏизе квербакъарал учительзаби Патӏимат Нигӏматулаевалдаги, Сагибат Бахӏарчиевалдаги, Загьрат Мухӏамадовалдаги, Муи Юнусовалдаги, Патӏимат Абутӏалибовалдаги, Наида Мехдиевалдаги нижецаги баркула рахьдал мацӏазул байрам."}
{"slug": "7288-giak-luyal-ul-ral-ad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7288-giak-luyal-ul-ral-ad", "title": "Гӏакълуялъул ралъад", "date": "2020-02-25 13:16:15", "categories": ["kultur"], "text": "Инхоса Гӏалихӏажияв гьавуралдаса — 174 сон\n«Бусурманав инсул капурал лъимал,\nКинаб наслуялъул рижарал нужго?\nГӏантаб гӏанкӏуялъул гӏадалал ханал,\nГӏакълу кьезе варис восилев киса?»\n«Хӏамий сарин ахӏун мун сверданиги,\nДур сариналъ хӏамил хӏал хисиларо».\n«Гьересияв гьоролчи чидае басралъула,\nБитӏараб бицаниги, божи гьечӏев вукӏуна»."}
{"slug": "7290-shartial-giutsiun-rugonigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7290-shartial-giutsiun-rugonigi", "title": "Шартӏал гӏуцӏун ругониги…", "date": "2020-02-25 13:17:15", "categories": ["lit"], "text": "Рахьдал мацӏазул халкъазда гьоркьосеб къоялъул хӏурматалда, 19 февралалда ДРя-лъул Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гӏахьаллъана Дагъистаналъул халкъазул мацӏазулгун адабияталъул гӏалимзабиги, республикаялъул вузазул преподавателалги, школазулгун школалда цебесеб лъай кьеялъул идарабазул педагогалги.\nКонференция нухда бачана ДНИИПалъул директорасул ишал тӏуралей Меседу Шурпаевалъ. Гьелъ бицана 2019 соналда институталда гьарурал гӏелмиял цӏех-рехазулги, хӏадурарал цӏалулгун методикиял тӏахьазулги, программабазулги хӏакъалъулъ. «Дагъистаналда гӏуцӏун руго рахьдал мацӏазда лъималазе лъай щвеялъул рахъалъ киналниги шартӏал – къабул гьарун руго гьеб рахъ тартибалде бачунел къануназулгун нормативазул документалги. 2019 соналда ДНИИПалъул гӏалимзабаз хӏадурана ва «Просвещение» басмаханаялда къватӏире риччана байбихьул школалъул цӏалдохъабазе рахьдал мацӏазулгун адабияталъул цӏалул тӏахьал. Хӏадурун руго берцинхъваялъул ва хӏалтӏул тетрадалги, методикиял пособиялги», — ян бицана М. Шурпаевалъ.\nШколазе рахьдал мацӏазул учительзаби хӏадуриялъул хӏакъалъулъ бицана ДГУялъул филологияб факультеталъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Муса Бахӏамадовас. Гьес абуна соналдаса соналде дагьлъулеб бугин РДОялда цӏализе рачӏунел гӏолилазул къадар ва рехсана гьелъие ругел гӏиллабиги. Масала, учителасул махщалил къадру гьечӏолъи; учительзабазул харжал мукъсанал рукӏин ва цогидалги.\nГьединал гӏиллаби сабаблъун, масала, гъоркьиса цониги абитуриент вачӏун гьечӏо лезги мацӏалъул группаялде.\nРахьдал мацӏалъул дарсал кьолаго дандчӏвалел масъалабазулги хӏалтӏизарулел методикиял къагӏидабазулги хӏакъалъулъ бицана щибаб мацӏалъул секциялъул дандеруссиналда. Конференциялъул хӏасилалда къватӏибе биччазе буго методикиял макъалабазул мажмугӏ."}
{"slug": "7289-tiotseresel-saparal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7289-tiotseresel-saparal", "title": "Тӏоцересел сапарал", "date": "2020-02-25 13:22:28", "categories": ["kultur"], "text": "Араб анкьида Авартеатралъул тӏоцебесеб сапар букӏана Казбек районалде. Лъималазе ва чӏахӏиязе хӏадурараб кӏиго спектакль бихьизабуна актераз Дилим росдал культураялъул кӏалгӏаялъуб. ДРялъул мустахӏикъав артист Нурмухӏамад Нурмухӏамадовас сценаялда лъураб «Навруз» спектакль кӏудияб рохелгун къабул гьабуна Дилим росдал лъималаз. Режиссерас спектакль гӏуцӏун, букӏана жалго лъималазги жигараб гӏахьаллъи гьабулеб хӏалалъ аваданго.\nГастролазул къасисеб программаялда бихьизабуна РФялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадовас сценаялда лъураб «Мун йиго дир эбел» абураб спектакль. Нилъер гӏумруялъул жакъасеб хӏакъикъаталда рекъараб, гӏадан рекӏеда ватизавулеб ва ургъизе тӏамулеб гьеб спектаклялъ гъваридаб асар гьабуна балагьаразе.\nДилималъул гӏисиназгун чӏахӏияз ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб букӏана Авартеатралъул актеразе жидехъе гьоболлъухъ рачӏаралъухъ.\nДРялъул Культураялъул министерствоялъул «Мастера сцены жителям Дагестана» абураб проекталда рекъон гӏуцӏун буго исана Авартеатралъ жидерго хӏалтӏиги.\nМагӏарул театралъе кьучӏ лъуралдаса 85 сон тӏубалеб гьаб юбилеялъулаб соналъ гьез хӏисабалде босун буго киналго мугӏрул районазде щвезе."}
{"slug": "7291-afg-anal-ul-rag-ukh-abi-rakialdeshchveyal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7291-afg-anal-ul-rag-ukh-abi-rakialdeshchveyal-e", "title": "Афгъаналъул рагъухъаби ракӏалдещвеялъе", "date": "2020-02-25 13:28:14", "categories": ["kultur"], "text": "Афгъанистаналъул ракьалдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тӏубаялда хурхараб тадбир букӏана араб рузман къоялъ Авартеатралда.\n«Афгъанистан – дир рекӏел унти» абураб цӏаралда гъоркь Авартеатралъгун Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб жамгӏияб фондалъ цадахъ гӏуцӏараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Дагъистаналъул министерствабазул, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзаби, Махӏачхъалаялъул рагъулабгун ралъдал училищеялъул курсантал, кадетазул корпусалда цӏалулел васал, школазул цӏалдохъаби. Бищунго хӏурматиял гьалбаллъун гьенир рукӏана Афгъаналъул кьалул бухӏи лъарал рагъул гӏахьалчагӏи.\nАфгъаналъул рагъ ракӏалдещолел суратаздалъун къачӏараб театралъул жанахӏалъуб гьалбадерие бихьизабуна рагъулаб тематикаялда гӏуцӏараб гӏатӏидаб музыкалияб программа. Гьелда гӏахьаллъана Тӏагьир Къурачев ва Марат Тимохин гӏадал машгьурал кочӏохъаби.\nРагъдаса руссинчӏел ракӏалде щвезарун, тӏадруссаразул хӏурматалда каламгун, тадбир гӏуцӏаразе баркала кьун кӏалъаял гьаруна ДРялъул Ветераназул советалъул нухмалъулев Мухӏарам Гӏалижановас, Дагъистаналъул руччабазул гӏуцӏиялъул председатель Интизар Мамутаевалъ, Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъул, республикаялъул ва Махӏачхъалаялъул Афгъаналъул ветераназул гӏуцӏиялъул вакилзабаз.\nАфгъаналъул рагъухъабазул хӏурматалда тӏобитӏулеб тадбир баркун батӏи-батӏиял идарабаздаса, СНГялъул республикабаздаса рачӏарал баркиялъул кагътал цӏалана жиндирго кӏалъаялдаса хадуб Авартеатралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас.\nАхиралдаги, тадбир гӏуцӏараз Афгъаналъул рагъул гӏахьалчагӏазе кьуна ракӏалдещвеялъул сайгъаталги."}
{"slug": "7292-khiak-ik-atal-ul-g-asda-l-aratia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7292-khiak-ik-atal-ul-g-asda-l-aratia", "title": "«Хӏакъикъаталъул» гъасда ЛЪАРАТӏА", "date": "2020-02-25 13:35:43", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Ражаб РАЖАБОВ:\n«Хӏалтӏулъ гӏадлу цӏуни — щивасда тӏадаб иш»\nЖал хӏалтӏулеб бакӏалда гӏадлу-низам цӏуниялде ахӏулеб букӏана районалъул администрациялда тӏобитӏараб иргадулаб данделъи. Щибаб идараялъул хъулухъчи ва махщелчагӏи камичӏого, кватӏичӏого жидер хӏалтӏул кабинетазда рукӏине ккелин гьениб лъазабуна районалъул нухмалъулез. Райцентралъул учреждениязда гӏадлу цӏуниялда хадуб жиндирго халкквей букӏине бугинги абун, районалъул бетӏер Ражаб Ражабовас тӏадкъаял кьуна заместителазе ва идарабазул нухмалъулезе. Гьеб тӏалаб тӏубазабичӏел чагӏи законалда рекъон тамихӏалде цӏазе ругиланги лъазабуна. Данделъиялда гӏахьаллъана районалъул киналго идарабазул нухмалъулел.\nХалкъалъе гьабулеб хъулухъ лъикӏлъизабиялъул мурадалда хӏалтӏи гӏуцӏиялъул тӏалабгун ва малъа-хъваялгун кӏалъаял гьаруна районалъул бетӏерасул заместитель Мадина Саидовалъ ва администрациялъул ишазул нухмалъулев Каримула Мухӏамадгӏалиевас.\nР. Ражабовасул рагӏабазда рекъон, гьес хадубккунги кӏудияб кӏвар кьезе буго щивав махщелчи жиндир хӏалтӏулеб бакӏалда чӏезавиялде. Гьесул бербалагьиялда гъоркь щибаб идараялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул халги гьабун букӏана. Гьелъул хӏасилалги гьарун, хашго хӏалтӏи гьабуразе районалъул бетӏерасул рахъалдаса бадирчӏваял щвана, гӏадлу-низам цӏунаразе лъикӏаб къимат кьуна.\n— Щибаб идараялда букӏине ккела жиндир заманалда хӏалтӏуде рачӏунеб ва нахъе унеб тартиб, — ан абуна районалъул бетӏер Р. Ражабовас. — Гьеб буго нилъеца бищунго цебе цӏунизе кколеб хӏукуматалъул аслияб тӏадкъай. Гьеб бутӏаялда гӏадлу гьечӏони, районалъулго халкъалъе кӏудияб квалквал ккола. Нужер жавабчилъи гьечӏолъиялъ, 40-50 км нухги тун, рикӏкӏадал росабалъа райцентралде къваригӏелалъ щварав гӏадатияв мискинчи, заманги гӏарацги хун, мурадги тӏубачӏого нахъе ине ккезе рес буго.\n— Законалъул букӏа, гӏаданлъиялъул букӏа, кинабго рахъалъ нилъеда тӏадаб буго чӏезабураб заманалда хӏалтӏуде щвезе, — ян абуна данделъиялда кӏалъалаго райадминистрациялъул ишазул нухмалъулев Каримула Мухӏамадгӏалиевас. — Хӏалтӏулъ тартиб цӏуни — гьеб кинабго бараб буго щибаб идараялъул нухмалъулесда. Гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏуде кватӏулев чи тамихӏалдеги цӏазе ккола щибаб идараялъул нухмалъулес."}
{"slug": "7293-khiak-ik-atal-ul-g-asda-l-aratia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7293-khiak-ik-atal-ul-g-asda-l-aratia", "title": "«Хӏакъикъаталъул» гъасда ЛЪАРАТӏА", "date": "2020-02-25 13:49:56", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гӏужий босараб гьунар\nАхирал соназда республикаялъул щибаб районалда гӏуцӏун рукӏана пагьму-лъай цӏикӏкӏарал, гьунар тӏокӏал цӏалдохъаби цӏалулел хасал группаби (центры для особо одаренных детей). Гьел рукӏана муниципалиял лъай кьеялъул идарабазда гъорлъ, хасав нухмалъулевги вихьизавун. Рукӏана гьезул жидерго программаги, тартибги, цере лъурал масъалабиги. Кӏигогӏан соналъ цебе Лъаратӏа гьединаб центр тӏубанго къана. Щиб гӏиллаха гьелъие ккараб?\nГьеб суалалъе мухӏканлъи щвана районалъул лъай кьеялъул идараялдаса. Гьезул баяналда рекъон, цере тӏурал лъималазул центр къан буго райцентралда жанир гьединаб лъаялъул цӏалдохъаби гӏураб къадаралда гьечӏолъиялда бан. Лъаратӏаса гурони цогидал росабалъа лъимал гьенире дарсазде хьвадизе хӏукуматалъги шартӏал чӏезарулел гьечӏила. Районалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев Сулейман Мажидовас рикӏкӏунеб буго, гьеб центр къазе течӏого цӏунизе кӏварабани, районалда лъай кьеялъул даража гӏемерго цебе тӏезе букӏанилан: «Гьабсагӏаталда райцентралда цӏалулел лъикӏаб пагьму-гьунаралъул лъималазул лъай борхизабиялъе хасал шартӏал гьечӏо. Лъаратӏа жаниса гурелги районалъул росабалъа ракӏаризе бегьилаан лъай камилал цӏалдохъаби. Гьезие шартӏал чӏезаризе районалъул бюджеталъул гӏарац гӏуни, гьеб кӏудияб лъикӏлъи букӏинаан тӏолабго районалъул лъайкьеялъул даража борхизабиялъе. Гьелдалъунго лъикӏлъизе рукӏана ЕГЭялъул ва ОГЭялъул хӏасилалги. Къокъго абуни, гьеб центр къай кӏудияб камилъун буго».\nГьаниб гӏадатиял гӏадамазулги суал бачӏунеб буго цебеккун кин гьелъие гӏарац щолеб букӏараб ва лъица гьеб ишалъе квербакъи гьабулеб букӏарабин абураб.\nГьеб центр къаялъ жидер лъималазул гьунар ва лъай цебетӏеялъе кӏудияб ками кколеб бугин рикӏкӏунеб буго гӏемерисел цӏалдохъабазул эбел-инсуцаги.\nМасала, гӏицӏго щуйил къиматазда цӏалулев ункъабилеб классалъул цӏалдохъанасул эбел Мухӏамадова Саниятица рикӏкӏунеб буго хӏукуматалъ жиндир васасул лъай цебетӏеялъе зарал гьабулеб бугин: «Централъул кӏудияб кумек букӏана лъималазул цӏали тӏадегӏанаб даражаялда цебехун бачиналъе. Росабалъ ругел лъикӏаб лъаялъул цӏалдохъабиги махӏрумлъун руго гьеб ресалдаса. Магӏарухъ рукӏунин абун шартӏал гьечӏого тезе кколищ нижер лъимал? Дица рикӏкӏуна лъай кьеялъул идараялъ хӏаракат бахъизе кколин гьеб центр нилъер гьаниб цӏидасанги хӏалтӏизабиялъе».\nГьеб рахъалъ районалъул нухмалъулез загьир гьабураб пикруялда рекъон, гӏураб къадар цӏалдохъабазул чӏезабизе кӏвани, хадусеб цӏалул соналда Лъаратӏа цӏидасан рагьизеги рес буго гьунар тӏокӏал лъималазе лъай кьолеб группа."}
{"slug": "7294-giazdada-kh-eshchtieyal-ul-k-etsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7294-giazdada-kh-eshchtieyal-ul-k-etsal", "title": "Гӏаздада хъещтӏеялъул къецал", "date": "2020-02-25 13:54:47", "categories": ["magiarukh"], "text": "Ункъо соналъ гьоркьоса къотӏичӏого, щибаб хасало, Къамилухъ росулъ тӏоритӏула лыжабазда хъещтӏеялъул рахъалъ къецал.\nЩибаб гӏелалда гьоркьор батӏи-батӏиял къояз тӏоритӏулел гьел къецазда гӏахьаллъула школлъимал ва росдал гӏолохъаби. Къамилухъ буго лыжабазда хъещтӏеялъе санагӏатаб бакӏги, гьенир чӏезарун руго хӏажатал шартӏалги. Гӏолилалги лъималги разияб гьеб ишалъе квербакъулеб буго росдал администрациялъ, школалъ ва спорталъулгун лъикӏаб гьоркьоблъи бугел росдал гӏолохъабаз. Исанаги 17 февралалда гьенир цӏалдохъабазда гьоркьор тӏоритӏана къецал. Гьенив гӏахьаллъана Къамилухъ гьоркьохъеб школалдаса 19 цӏалдохъан. Школалъул директор Камил Мухӏамадовас жинцаго гьарулел рукӏана цӏалдохъабазда гьоркьоб лыжабазда хъещтӏеялъе хӏажатал малъа-хъваял, бицунеб букӏана хъещтӏолеб нухда тунка-гӏуси ккечӏого цӏуни-къай гьабизе кколеб къагӏидаялъулги.\nЦӏалдохъабазул гӏумруялъул соназухъ балагьун бихьизабун букӏана гьезие хъещтӏезе манзилги.\nКъецазул хӏасилалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Ибрагьим Мухӏамадовас, кӏиабилеб бакӏ щвана Башир Хӏасановасе ва лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Микагӏил Мухӏамадов. Бергьенлъи босарал спортсменазе шапакъатал кьуна районалъул гӏолилазул комитеталъул нухмалъулев Камил Гӏалибеговас. Гьес абуна, тӏолабго районалда хасалил спорталъул хӏаял церетӏезариялде районалъул нухмалъиялъ кӏудияб кӏвар кьолеб бугилан. Чӏахӏияб гӏелалъул спортсменазда гьоркьор къецал тӏоритӏизе руго гьал гӏагарал къоязда."}
{"slug": "7301-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7301-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-02-26 06:35:21", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "«Дир ясалъул буго лъабго лъимер. Гьелъ тӏоцебесеб лъимер гьабидал, ясли-ахалде кьураб гӏарзаялда рекъон, жеги бакӏ щун гьечӏо гьениб. Яс жийгоги хӏалтӏулей гьечӏо, лъимал гӏиссинго рукӏиналда бан, мукъсанаб гурони лъималазе щолеб пособиеги букӏунаро.\nЯ мина базе кьолеб ракь ялъуни хӏукуматалъул рахъалдасан кумек гуро. Гӏолохъанал хъизамал кире ине кколел гӏарзалъ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:\n— Гьеб ккола гӏемераз борхулеб, амма хӏукуматалъухъа тӏубазабун бажаричӏеб суал. Гьеб тӏубазабиялда хадуб халкквезе ккола ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ ва бакӏалъулаб муниципалитеталъ. Гьениб гӏадлу букӏинабиялъул мурадалда ургъараб ккола ясли-ахалде ине ругел лъималазул электроннияб иргаги. Гьеб рахъалъги нилъер гьаниб ритӏухълъи гьечӏо.\nГьединлъидал, электроннияб иргаялда лъимер лъедал, щивав чияс хал гьабизе ккола щиб номералда гъоркь жиндир лъимадул цӏар хасаб журналалде босун бугебали. Цинги ясли-ахалъул заведующиялъул гъулбасги гьабун, гьеб журналалдаса выписка (документ) тӏалаб гьабила. Дур лъимадул бакӏалда цогидалъе бакӏ кьун батани, гӏарзалъ ина Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде яги бакӏалъулаб муниципалитеталде. Гьенисаги кумек щвечӏони, судалде гӏарза хъвала.\n«Ахираб заманалда Дагъистаналъул нухазда автоавария ккечӏеб къого букӏунаро. Гьезул хӏакъалъулъ щибаб къойил бицуна телевидениялдасанги. Рузман къоялъ имамзабазги цо-цо нухалда вагӏзаби гьарула гьелда бан. Амма гьоркьо-гьоркьор гьарулел вагӏзаби гӏолел гьечӏо. Бегьуларищ щибаб рузманалда гьелъул бицине, ай щуго минутгӏаги гьеб масъала борхиялда тӏад хвезабизе?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Динияб идараялъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас:\n— Хӏакъикъаталдаги нухазда цӏодорлъи гьабейилан гӏолохъабазда биун ургьибе тӏезе ккараб хӏал буго. Гьайгьай, пайдаяб букӏина щибаб шагьаралда ва росулъ вагӏзаби гьарулаго, имамзабаз гьеб масъалаялда тӏадчӏей гьабуни. Гьеб суал дица дандбала диниял церехъабазда, шагьаразул ва росабазул имамзабазда\n«2018 соналъул сентябралда васасе босана квартира. Нижеца гьеб босилалде букӏараб заманалъул коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац тӏалаб гьабун, счетал рачӏунел руго нижехъе. Квартира босизегӏан коммуналиял хъулухъаздаса пайда босулеб букӏинчӏелъул, ЖКялъул управляющияб компаниялъ гьарулел ишал законалда рекъон ритӏарал ругищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас:\n— Кинабго бараб букӏуна квартира босулаго бичулесги босулесги гьабун букӏараб къотӏи-къаялда. Гьениб документалда нужеца коммуналиял хъулухъазухъ ругел къарзал рецӏизе тӏаде босулеб бугин хъван батани, счетазда рекъон гӏарац кьезе ккола. Судалъ гьеб нужехъа бахъичӏогоги толаро. Къотӏи-къаялда гьедин хъван батичӏони, ЖКялъул управляющияб компаниялъ коммуналиял хъулухъазухъ кколеб гӏарац нужехъа тӏалаб гьаби рикӏкӏуна закон хвезабилъун. Судалъ гурони гьеб суал роцӏцӏинабуларо.\n«Социалиял гьиназда хъвалеб буго кватӏичӏого Махӏачхъалаялда маршруткабазда рекӏадухъ багьа 28 гъурщиде бахинабизе бугин. Гьебго заманалда 4 «п» маршруткаялда рекӏаралъухъ 17 гъурущ гурони босуларо. Гьеб хабар битӏараб бугищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул водительзабазул ва предпринимательзабазул чияда бачӏеб профсоюзалъул рескомалъул председатель Гӏисалмухӏамад Набиевас:\n— Транспорталъул компаниязул нухмалъулезе бокьун буго гьеб иш гӏумруялде бахъинабизе. Халкъалъулгун дагӏба-рагӏи ккеялда хӏинкъун, гьезие бокьун буго жалго шоферзабазул квераздалъун маршруткабазул тариф цӏикӏкӏинабизе, ай цо кьвагьаралъ кӏиго гӏанкӏ чӏвазе.\nМахӏачхъалаялда жаниб хьвадулеб 4 «п» маршруткаялда рекӏаралъухъ 17 гъурущ гурони босулеб гьечӏолъиялъ бицунеб буго, гьеб тарифалда ругони, маршутникал зарал кколедухъ хӏалтӏулел гьечӏолъи.\n«2020 соналда электронниял захӏматалъулал книжкаби рукӏине кколин абулеб буго. Гьеб хабар битӏараб бугищ, щиб мурадалъе гӏоло тӏобитӏулеб тадбир гьеб кколеб?»\n— Исана байбихьизе буго электронниял захӏматалъулал книжкаби кьезе. Бокьани гурони гьеб босизеги кколаро.\n2021 соналдаса байбихьун, хӏалтӏи кьолес кагътил книжкаби ругезул хӏалтӏул хӏакъалъулъ баяналгун хӏужаби цифровияб къагӏидаялде рачине ккола.\nАмма 2021 соналда тӏоцере хӏалтӏуде лъугьунезе чара гьечӏого кьезе ккола электронниял захӏматалъулал книжкаби. Гьел книжкабазул руго гӏемерал тӏокӏлъабиги. Гьезда цӏунизе руго кагътил варианталда рукӏарал тӏолалго баянал ва хӏужаби.\nИсана тӏоцебесеб январалдаса байбихьун, хӏалтӏи кьолес щибаб моцӏалъ жиндирго хӏалтӏул хӏакъалъулъ баянал кьезе ккола Россиялъул пенсиязул фондалде. Гьезул кьучӏалда гӏуцӏизе руго россиялъулазул электронниял захӏматалъулал книжкабиги.\nЗаконалъул кьучӏалда чӏезабизе буго гьеб къагӏидаялде киналго рачӏине кколеб заман. Гьединаб закон къабул гьабиялъе хӏадурлъиги гьабулеб буго."}
{"slug": "7302-posobiyazul-giarats-rekhize-bugo-kartochkayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7302-posobiyazul-giarats-rekhize-bugo-kartochkayalde", "title": "Пособиязул гӏарац рехизе буго карточкаялде", "date": "2020-02-26 07:53:34", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "«Рекӏел ахӏи» рубрикаялде цӏалдолез ритӏун рачӏуна эбелалъулаб капиталалъул, больничнияб тӏанчил ва батӏи-батӏиял пособиязул хӏакъалъулъ гӏемерал суалал. Специалистазухъеги ун, нижеца жигар бахъула гьел суалазе мухӏканал жавабал кьезе.\nГьебго мурадалда, социалиял масъалабазда тӏасан цӏалдолез редакциялде гӏемер ритӏун рачӏунел суалазе жавабал цӏехон ва 2020 соналда мискиналгун сакъатал чагӏазе рихьизарун ругел бигьалъабазул хӏакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна ДРялъул социалияб страхованиялъул регионалияб фондалъул управляющиясул заместитель Шарапудин Даришмухӏамадовасулгун.\n— Шарапудин, байбихьуда бокьилаан нужерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицани.\n— Нижер аслияб хӏалтӏи буго гӏадамазе социалияб рахъалъ кумек гьаби. Гьелда гьоркьобе уна социалияб страхованиялъул бигьалъаби гьари ва пособиял кьей. Мухӏканго абуни, нижеца гьарула гьадинал хъулухъал: больничнияб тӏанчида рекъон щолеб гӏарац кьей; бигьалъаби щолел чагӏи санаторияздегун курортазде ритӏи; унтудаса хадуб сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе хӏажалъулел техникиял алатал ва сакъатал чагӏазе протезал чӏезари; лъимаде ругезе, гьеб гьабуразе ва лъагӏелгун бащдаб тӏубазегӏан гьелда хадуб хъулухъ гьабиялъул пособиял кьей; эбелалъулаб сертификатазухъ гӏарац кьей; хӏалтӏулел чагӏазе тӏоцебесеб (байбихьул) медицинаялъулабгун санитарияб кумек гьабиялъухъ тӏаде гӏарац кьей; хӏалтӏулел чагӏазул диспансеризация тӏобитӏиялъухъ тӏаде гӏарац кьей; цебе букӏаралдаса тӏаде заралиял ва гӏумруялъе хӏинкъи бугел бакӏазда хӏалтӏулел чагӏазул медицинаялъул цӏех-рех гьабуралъухъ гӏарац кьей.\nПалхӏасил, нижеца 2019 соналда къабул гьавуна 25 азарго чи. Кумек гьарун гӏарзаби кьурал чагӏазул 80 проценталъе кьуна техникиял алатал. Гӏага-шагарго 14 азарго чиясе кьуна хӏажалъулел техникиял алатал ва протезал (кресло-коляскаби, подгузникал, протезал, ортопедиялъул хьитал ва гь.ц.).\n— Цӏалдолезул гӏарзал руго хӏукуматалъ кьолел пособиял банкалъул «Мир» абулеб карточкаялде рехизе тӏамулел ругилан. Чара гьечӏеблъун кколищ гьеб тӏалаб?\n— Пособиялъе бихьизабураб гуребги, хӏукуматалъ кьолеб гӏарац (масала, ЕДВ) чара гьечӏого гьеб карточкаялде рехизе ккола. Масала, жакъа больничниялъухъ абун кьолеб гӏарац рехула хӏалтӏикьолесул счеталде, гьениса гьеб ункъо-щуго моцӏидасан гурони унтун вукӏарасухъе щоларо. Исана тӏоцебесеб июлалдаса нахъе нижеца гьеб гӏарац анцӏго къоялъул болжалалда рехизе буго гьесул «Мир» карточкаялде ялъуни почалде. Гьебго къагӏида букӏине буго киналго пособиял ва цогидаб гӏарцулаб кумек гьабиялъулги.\n— Техникиял алатал ва протезал жидецаго росарал чагӏазе хӏукуматалъ гӏарац бецӏулищ?\n— 2011 соналъул 31 январалда РФялъул Минздравсоцразвитиялъул № 57н амруялда рекъон, сакъатазе гьеб гӏарац тӏад буссинабула. Гӏарац тӏад буссинабеян гӏарза хъварав чияс, гьелда цадахъ фондалде кьезе ккола: кассалъулаб чек, алаталъул-протезалъул чек, гьелда тӏад букӏине ккола номер ва къо-моцӏ, идараялъул яги вичарухъанасул ИНН, алаталъул тӏубараб цӏар ва къадар, цоялъул багьа, гӏаммаб багьа, вичарухъанасул гъулбас, идараялъул мугьру, сакъатав чиясул паспорт, ИПР (ИПРА), СНИЛС, банкалъул реквизитал яги почалъул адрес.\nДокументазул халги гьабун, 30 къойил болжалалда жаниб нижеца хӏукму гьабула ва жеги 30 къойил болжалалда квитанциязда бихьизабураб гӏарац рехула сакъатасул счеталде.\n— Къотӏи-къаялда рекъон хӏалтӏулей гӏаданалъе, по материнству абун, пособие лъица кьолеб?\n— Захӏматалъулаб къотӏи-къаялда рекъон, хӏалтӏи кьолесухъе эбелалъ хъвараб гӏарзаялда рекъон, лъимаде йикӏиналъухъ, лъимер гьабиялъухъ ва лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ рихьизарурал пособиял кьола нижер фондалъ.\n— Хӏалтӏулаго чорхое ккараб жагъаллъиялъухъ пособие кин кьолеб?\n— Халкъияб магӏишаталъул отраслялъул хӏисаб гьабун, страховияб взносалъул тарифалъул роцен бараб букӏуна сахлъиялъе гьабураб заралалда ва гӏумруялъе гьелъул бугеб хӏинкъиялда, ай пособие кьола харжалъул 0,2-ялдаса 8,5 проценталде щвезегӏан.\n— Социалиял пособиязул къадар кигӏан букӏунеб?\n— 2020 соналда тӏоцебесеб лъимер гьабидал, эбелалъулаб капитал хӏисабалда кьола 466617 гъурущ. Кӏиабилеб лъимер гьабидал – 150 азарго гъурущ. Кӏиябго дандекъан, гьеб бахуна 616617 гъурщиде. Лъагӏелгун бащдаб тӏубазегӏан тӏоцебесеб лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ пособие кьола цо роценалда, кӏиабилеб лъимада хадуб хъулухъ гьабиялъухъ – цоги роценалда. Жакъа гьеб ккола хӏалтӏи кьолесул кассаялдаса щолеб харжалъул 40 процент.\nСоциалиял пособиял кьеялъул кинабгӏаги квалкал гьечӏо. Фондалда чӏезабун буго гьелъие гӏураб къадаралда гӏарац. Жакъа социалиял пособиязул гӏарац кватӏизабиялъул гӏайибияв ккола хӏалтӏи кьолев.\n— Хӏажат бугев щивав чиясе кресло-коляска кьезе рес бугищ?\n— 2019 соналъул ахиралда кресло-коляска кьеян гьарун, нижехъе гӏарза кьуна 300-350 чияс. Гӏемерисезе гьел щвана. Аслияб квалквал ккола лъагӏалил ахиралда (ноябрь ва декабрь моцӏазда) кресло-коляскаби ричун росиялъул тендерги, контракталда рекъон гьел чӏезариги хадуб гъоларого букӏин.\n— Фондалъул сайталда лъун ругел номеразде чанцӏул ахӏаниги, телефон борхуларо…\n— Гьелъие гӏилла ккола фондалъул гӏемерканалазулаб телефоналде цого заманалда гӏемерав чияс ахӏи. Гьелдалъун цо-цоязде ирга щоларого букӏуна. Сабруялда ахӏани, нижер оператораз телефон борхула ва бокьараб суалалъе жаваб кьола. Кватӏичӏого фондалъул букӏине буго гӏемерал чагӏазул суалазе цадахъго жаваб кьезе рес бугеб телефоналъулаб бухьен.\n— Масала, кресло-коляска цӏидасан кигӏан заманалдасан кьолеб?\n— Рокъоб хӏалтӏизабулеб кресло-коляска кьола анкьго соналдасан, къватӏиб пайда босулеб – ункъо соналдасан. Гьеб бекани яги хвани, нижеца гӏуцӏула медицинаялъулабгун техникияб экспертиза ва, хваралъухъ хисун, цӏияб кьола.\n— Специалистазухъе ине иргаги щоларого, киназего гӏодор чӏезе бакӏалги гьечӏого, гӏемерал сакъаталги хералги ракӏарун рукӏуна нужер жанахӏалда. Электроннияб ирга гӏуцӏунги, цебеккунго иргаялъул номерал кьунги, бегьуларищ ирга къокълъизабизе?\n— Исана нижехъа бажарана гьеб рахъалъ букӏараб гӏадамазул гӏарз лъугӏизабизе. Кинниги, цадахъго гӏемер чи вачӏиндал, ичӏго-анцӏго чи вугеб ирга камуларо ва гьебги лъугӏула сагӏаталда жаниб.\n— Рокъоса вахъине кӏоларев сакъатав чиясе тӏагӏелал-алатал росизе вачӏунев чиясухъ кинал документал рукӏине кколел?\n— Сакъатасул божилъиялъулаб кагъатгун (доверенность) вачӏунесул паспортги бугони гӏола.\n— Кинал хиса-басиял гьаризе ругел 2020 соналда фондалъул хӏалтӏулъ?\n— Исана байбихьизе буго роддомазе ва руччабазул консультациязе гӏарац кьолел электронниял сертификатал (родовые) хӏалтӏизаризе. Гьединго гӏатӏидго хӏалтӏизаризе руго электронниял больничниял тӏанчал. Гьелдалъун бигьалъизе буго больницабазул ва поликлиникабазул хӏалтӏи.\n— Фондалъул хӏалтӏуе сунца квалквал гьабулеб бугеб?\n— Цӏикӏкӏун заман унеб буго сакъатазе хӏажалъулел алатал росиялъул рахъалъ аукцион лъазабиялъе, хадуб гьел росиялда тӏадги. Гьединлъидал цо-цо мехалда нижер рес букӏунаро жиндие жакъа кресло-коляска кьейилан гӏарза хъван вачӏарав чиясул мурад гьебго къоялъ тӏубазе.\n— Санаториялдегун курорталде ине путевкаби цӏакъ захӏматго гурони щоларо…\n— Гьеб ккола республикаялъул бюджет мискинаб букӏиналъул хӏасил. Гьедин бугониги, нижехъа бажарана 2019 соналда гӏарза кьурав 4000 чиясда гьоркьоса 2500 чиясе санаториялде путевка кьун.\n— Хӏажатал алатал ва пособиял кьейилан гьарун, фондалде кин хитӏаб гьабизе бегьулеб?\n— «Госуслуги» сайталдасан, МФЦялдасан яги фондалде рачӏун."}
{"slug": "7303-khalk-al-ul-bozhil-i-ritiukh-gabila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7303-khalk-al-ul-bozhil-i-ritiukh-gabila", "title": "Халкъалъул божилъи ритӏухъ гьабила", "date": "2020-02-26 08:31:47", "categories": ["magiarukh"], "text": "Тарихалде ана 2019 сон. Бечедаб букӏана гьеб лъугьа-бахъиназдалъун, ракӏалдещвеяздалъун, тӏубарал ишаздалъун, ккарал хӏасилаздалъун.\nЦӏумада районалъе гьеб кинаблъун букӏарабали бицунеб буго районалъул нухмалъулев Анвархӏажи Вечедовасулгун нижеца гьабураб гара-чӏвариялда.\n— Анвархӏажи, гъоркьиса нужеца гьабураб ва исана гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏул бицани бокьилаан.\n— Районалъе нухмалъи гьабизе бигьаяб гьечӏеблъи дида бицун гуреб, бихьун лъала. Жавабчилъиги цӏикӏкӏараб буго. Амма ишцоялгун цадахъ рекъон хӏалтӏидал, районалъул социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезабизе ва районалъул идараби гӏадамазул мурадал тӏураялъе гӏоло хӏалтӏизаризе бигьалъулеб буго.\nРайоналъул нухмалъиялда цебечӏараб аслияб масъала ккола районалъул социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезаби, халкъалъул магӏишат-яшав лъикӏлъизаби. Хӏалтӏи унеб куцалдаса гьабсагӏаталда дун рази гьечӏо, гьарулел ишал дагьал хӏинцго унел рукӏиналъ. Гьеб кинабго районалъул идарабазда гуро бараб бугебги.\nТӏоцебесеб иргаялда, росабазул нухмалъулезулги буго жидерго хӏалтӏудехун хашаб бербалагьи. Гьабсагӏат батӏи-батӏиял программабазда гӏахьаллъун, бокьахъе хӏалтӏаби гьаризе рес буго росаби церетӏезариялъе, цӏигьариялъе, амма думалъго ракӏалда рукӏинчӏел «цӏи-цӏиял хважаинзаби» ракьазулги раккун, хӏалтӏи чӏаралъубго хутӏулеб буго.\nДун тамашалъизавула нилъер халкъалъул гьечӏеб бичӏчӏиялъ, хъантӏиялъ, цо-цоязда мекъиги бихьизе батила гьедин абуни. Районалда ралел школал, лъималазул ахал ва медпунктал нилъеего ралел рукӏин бичӏчӏизе бокьуларого, жидер ракь бугинги чӏун, квалквал гьабулеб буго. Москваялъулалда бащад багьа ракьалъулги гьабун, гӏарац кьеян чӏолелги камулел гьечӏо. Кинго бичӏчӏизехъин гьечӏо нилъер гӏадамазда росулъ школаги, медпунктги, цогидал бакӏалги районалъул администрациялъул хӏалтӏухъабазе гурел, халкъалъе ралел рукӏин.\nХӏажат буго районалъул пачалихъиял идарабазул ва росабазул администрациязул нухмалъулез жидерго хӏалтӏудехун бугеб бербалагьи хисизабизе. Балъголъи гуро, гьез жидеда тӏадкъараб хӏалтӏи букӏине кколедухъ тӏубалеб гьечӏолъи. Бегьуларо гьезул хӏалтӏулъ тасамахӏлъи ва хӏинцлъи букӏине.\nКин батаниги, абизе бегьула 2019 сон нижеца лъикӏал хӏасилаздалъун регӏанин тарихалдеян. Базе байбихьараб 18 объекталъул бан рагӏалде бахъана анцӏгоябниги, хутӏарал лъугӏизе руго исана. Гьел ккола федералияб программаялда рекъон, Кӏванада ва Гьигьалъ ралел 120 цӏалдохъанасе бакӏ бугел школал ва 60 лъимералъе хӏисабги гьабун, Тӏиндиб балеб бугеб лъималазул ах.\nРеспубликаялъул бюджеталдаса исана Тӏисси ва Гьакъо росабалъ разе руго ункъого ва кӏикъого цӏалдохъанасе хӏисаб гьабурал школал. Ракӏалда буго гьенирго лъималазул ахалги рагьизе. Гьелъ рес кьезе буго тӏадеги щуго-анлъгониги чиясе хӏалтӏулеб бакӏ рагьизе, школалде иналде дагьабниги хӏадурлъи лъималазулги букӏине.\nКапиталияб ремонт гьабун къачӏана Кӏванада ва Эчеда росабалъ лъималазул ахал, гьенибе бачана лъим, гьабуна гьел хӏухьлаца хинлъизарулеб къагӏида. Гъоркьиса хӏалтӏизе биччана Хонохъ школалда цебе лъималазул ахги.\n— Нухазул, лъиназул рахъалъ иш кин бугеб?\n— «Дир Дагъистан — дир нухал» программаялда рекъон, Хуштада, Тӏисси-Ахикь, Гъоркь Гьаквари росабалъ ва Инхокъварисан Санкьаде щвезегӏан къачӏан рагӏалде рахъана нухал. Гьенирго жеги гьаризе руго нухлул хӏалтӏаби. Нухазул фондалдаса киналго росабазул администрациязе биччалеб буго гӏарац. Хӏажат буго росдал нухмалъулез, депутатаз бакӏалъул нухазул бетӏергьанлъи чӏезабулел документал («зеленкаби») гьариялъе хӏаракат бахъизе. Гьел гьечӏони, кинабгӏаги хӏалтӏи гьабизе рес букӏунаро. Гьелъие бихьизабун буго гӏарац, гьелде кӏвар кьезе ккела росабазул администрациязул бутӏруз ва ругел ресаздаса пайда босизе хӏаракатги бахъизе ккела.\n«Дир Дагъистан — дир лъим» программаялда рекъон, Агъвали-Лъондода-Кӏочӏали лъел мухъ бачана. Гьенир рарал хӏавузазде жанибе лъим биччан гьечӏо, гьелъие бихьизабураб заман щвечӏого букӏиналда бан. Хӏисабалде босун буго исана Инхокъвари-Агъвали-Болъихъ лъел мухъазда тӏад хӏалтӏи гьабизеги.\n— Ахирал соназда Россиялдаго машгьурал чемпионалги рахъана нужер районалдаса. Гьезие спортивиял школал раялъе санагӏалъаби гьарулел ругищ? Бугищ республикаялъул бюджеталдаса кумек яги районцоязул квербакъи?\n— Республикаялъул Спорталъулгун росдал магӏишаталъул министерствабазулгун дандги бан, Хонохъ спортивияб зал баялда тӏад ургъулел руго ниж. Тӏадран унел руго Агъвали росдал рагӏалда спортивияб майдан баялъул хӏалтӏабиги. Хӏисабалде босун буго Агъвали цӏияб спортивияб комплекс базе ва ДЮСШялда капиталияб ремонт гьабизе. Жеги хӏисабалде босун буго кӏиябго Гьаквари футболалъул майданал разеги.\nТӏисси-Ахикь базе буго гӏемеррахъазулаб спортивияб комплекс (жанибго ретӏел бахъулеб бакӏгун, хӏамамгун цадахъ). Гьединго документазул («зеленка») суал тӏубарабго, Кӏочӏали-ахикь спортивияб майданги гьабизе буго.\n«Шагьаралъул санагӏатал шартӏал» программаялда рекъон, Тӏинди ва Гьигьалъ разе руго росдал гӏадамазе хӏухьбахъиялъе паркал. Гьел ва цогидалги хӏисабалде росарал хӏалтӏаби исанаго рагӏалде рахъинаризе жигар бахъила. Халкъалъул божилъи ритӏухъ гьаби ккола дир хӏалтӏул аслияб мурадги.\nДун гӏемерал соназ хӏукуматалъул хъулухъазда хӏалтӏарав чи вуго. Гьеб мехалда цадахъ рукӏарал гӏемерисел гӏолохъаби жакъаги дунгун хӏалтӏулел руго. Баркала гьезиеги районалъул гӏадатиял гӏадамазеги, лъикӏаб ва пайдаяб иш дихъа лъугьун батани, цадахъ лъугьун, гьеб гӏумруялде бахъинабизе квербакъи, малъа-хъвай гьабуралъухъ. Баркала депутатазеги, цадахъаб хӏалтӏухъ. Кидаго дунги битӏарав вукӏунев ватиларо, амма рагӏи – бадибе, тӏил — мугъзада лъикӏ букӏуна, гьеб рекъола нилъеда. Кидаго кколеб батиларо рагӏи данде, амма кинаб хӏукму къабул гьабулеб бугониги, гӏакълугун жавабчилъи цебесеб кьерда букӏуна.\nРайоналъул администрацияги собраниялъул депутаталги цого мурадалъе гӏоло хӏалтӏулел чагӏи ккола. Гьезул аслияб масъалаги халкъалъул яшав лъикӏлъизаби ва гьелъие шартӏал чӏезари буго. Гьеб рахъалъги баркала буго депутатазеги, росабазул нухмалъулезеги. Дун нечоларо чанги росдал бегавуласул бугин дунги цогидалги гӏенеккизе ва мисал босизе бегьулеб гӏуцӏарухъанлъиялъул лъикӏаб хӏалбихьиян абизеги.\n— Щиб дуца гьарилеб нилъерго халкъалъе ва «Хӏакъикъат» газета цӏалулезе?\n— Дица кидаго абула нилъер къуват рикӏкӏеналъулъ гуреб, цолъиялъулъ бугилан. Букъараб зар рагьизе захӏмалъула, цо-цоккун килщал рекизе бигьа букӏуна. Нилъер цолъи бихьана 1999 соналъул балагьаб августалда, гъунки бихьизабула нилъеца хӏажалъи ккедал, сундул бугониги гвай тӏобитӏулаго. Гьединлъидал гьарула хадубккунги жеги гъунки.\nИнтернеталъул къарнуялда газетал щибизеян абулелги камуларо, амма бокьун буго абизе кодоб ккун цӏалулеб газеталъ гӏадаб асар интернеталъ гьабуларин. Хӏаракат бахъизе ккела республикаялъул «Хӏакъикъат» газеталъулгун хурхен кквезе ва гьеб хъвазе."}
{"slug": "7304-rajonazdasa-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7304-rajonazdasa-kharbal", "title": "Районаздаса харбал", "date": "2020-02-26 08:51:22", "categories": ["magiarukh"], "text": "Цӏумада\n14 февралалда Тӏаса Гьаквари росдал бегавул Сулейман Сулеймановас росуцоязе хӏисаб кьуна гъоркьиса гьабураб хӏалтӏул.\nРосдал бюджеталда бихьизабураб гӏарцул къадар букӏана 1 млн 776 азарго гъурущ. 105 проценталъ ракӏарун руго киналго налогалги.\nГӏолилалги хӏалае рахъун, гъоркьиса росулъ гьарурал аслиял хӏалтӏаби ккола шагьранухал къачӏай. Гьелъие районалъул нухазул фондалдаса 200 азарго гъурущги биччан букӏана. Чабхилгун ракьул цӏураб 200 КамАЗги чӏехьана гьел нухазде.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдурахӏман Камиловас сайгъат гьабураб тракторалъулги кӏудияб кумек щолеб буго гьеб рахъалъ.\nЦӏумада райадминистрациялъул пресс-хъулухъ\nБежтӏа\nУчастокалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Хӏусен Хӏайбулаевас тӏобитӏараб данделъиялда аслияб суаллъун букӏана Кӏудияб Бергьенлъиялъул байрамалде хӏадурлъи гьаби.\nЦӏи гьарун къачӏазе руго бахӏарзазе рарал памятникал. Гьединго Бежтӏа участокалъул гӏадамал гӏахьаллъизе руго «Георгиевская ленточка», «Хвел гьечӏеб полк», «Солдатасул карщ», «Ракӏалдещвеялъул вахта», «Бергьенлъиялъул байрахъулал» абурал Тӏолгороссиялъул акциязда ва проектазда.\nХьаргаби\nМахӏачхъалаялда, SMMET централда тӏобитӏана Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялъул хӏурматалда районалъул гӏолилазда гьоркьоб интеллектуалияб хӏай. Гьелъухъ ралагьизе рачӏун рукӏана районалъул имам Гӏали-хӏажи Мухӏумаев, «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Арсен Мухӏамадов, районалъул гӏолилал ва цогидалги гьалбал.\nХӏаязда гӏахьаллъана районалъул лъабго команда.\nТӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Гӏаймаки росдал команда, кӏиабилеб бакӏалде бачӏана Дарада-Мурада росдал команда, лъабабилеб бакӏ ккуна хъвартихьунисез."}
{"slug": "7306-ganchiil-rakial-rugel-gal-tokhturzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7306-ganchiil-rakial-rugel-gal-tokhturzabi", "title": "Ганчӏил ракӏал ругел гьал тохтурзаби", "date": "2020-02-26 10:15:44", "categories": ["pismo"], "text": "Бищунго аслияб жо буго гӏадамасе чорхол сахлъи. Гьеб щула гьабизелъун дун вегизе ккана гӏемерал больницабазда. Гьениб дида бихьана тохтурасул каламалда, бербалагьиялда бараб жо гӏемераб букӏунеблъи, сахлъи щула гьабиялъе кӏудияб квербакъи гьабулеблъи.\nГьел киналго рахъал данде ккуна дица районаллъул, республикаялъул ва Москва шагьаралъул больницабазда вегун вукӏараб заманалда. Гьаниб цӏар рехсезе бокьичӏеб цо районалъул больницаялъул хӏалтӏухъабазул рахъалъ абила, гьезул ракӏал ганчӏил ратилилан. Республикаялдаги ратана, къанагӏатго бугониги, унтарасдехун ракӏ унтараб бербалагьи бугел тохтурзаби. Гӏемерисел абуни, тӏоцебесеб къоялъго унтарасда сверун лъугьуна жидеего «клиент» тӏалаб гьабун, операция гьабиялъул мурадалда. Унтарас гӏарац кьезегӏан гьесие операция гьабичӏеб хӏужаги бихьана.\nДун вегараб Москваялъул лъабго батӏияб больницаялъул тохтурзабазул бицани, гьеле унго-унгоял тохтурзаби. Унтараздехун гьезул букӏуна унго-унгояб бербалагьиги.\nГьаб макъала хъваялъе ккараб гӏиллаялъулги бицинин.\n25-27 январалда дун рокъов вегун чӏезе ккана бидул тӏадецуйги гӏодобе ккун. Дирго унти кӏоченабуна 27-абилеб сордоялъ. Къаси сагӏат 12-ялдаса хадув дурц вачӏана нижер яс (гьесул хъизан) унтун йигиланги абун. Хъата-масан гьенире щведал, гьей гӏакълуялдасаги ун ятана. Гьурмада цӏорораб лъим речӏчӏаниги, рекӏеде ячӏинчӏо ва рес къотӏарав дица гьелъул кӏаркьен чӏван хадуб, берал дагь-макъалго рагьун рачӏана. Цинги хехал тадбиралги гьарун, лагӏизаюна. Дагьабго чӏаголъиялъул гӏаламатал загьирлъидал, борцана бидул тӏадецуй. Гъоркьияб рахъ бихьизабулеб бакӏалда 0, тӏасияб букӏунелъуб Е хъвана тонометралъ. Нахъеги марганец жубараб гӏетӏараб лъимги кьун, лагӏдезаюна. Амма гьеб жо гьабулеб 40-50 минуталда жаниб чанцӏул бидул тӏадецуй борцаниги, добго хӏасил бихьизабуна. Нижер хӏукму ккана хехго гьей районалъул больницаялде хъамизе, гьенибе нижер росулъа 30-40 км. буго. Хехго бухьен ккуна росулъ вугев фельдшерасулгун (гьеб букӏана сардилъ кӏигоялде хӏалтӏараб заман), гьесда гьарана больницаялъул «Хехаб кумекалъул» бригада битӏейин нижеда данде, ниж къватӏире рахъанилан.\nМашина къваригӏун ниж рукӏинчӏо, хӏинкъун рукӏана нухда ясалъул хӏал хисилилан. Рекӏеде ячӏиндал, гьелъ бицана аллергия багъарун букӏун, жинца щуго таблетка преднизолоналъул гьекъон букӏанилан. Росдал фельдшерасги ахӏун бачӏана жинца «Хехаб кумекалъул» бригадаялда лъазабунилан. Амма гьез къватӏире рахъине хиялго гьабун батичӏо. Больницаялда унтарал къабул гьарулеб рукъ рагьизе бана 15-20 минутгӏанасеб заман. Рагьун хадубги цо гӏадан телефоналъ бакӏ-бакӏалде кӏалъан, щиб-кин гьабилебали цӏехолаго ана бащдаб сагӏат. Ахирги унтарай егизаюна капельница лъезе ва радалалде гьелъие мадарги лъугьана. Нахъисеб къоялъ ясалда гьикъун буго дой приемныялдасан кӏалъарай тохтуралъ дуе клизмаго гьабунищилан. Клизмаялде руссине регӏун рукӏинчӏеб къагӏидаха гьел…\nРокъосез, дие кигӏан бокьун букӏинчӏониги, хӏал гьабун витӏана дунги больницаялде, дирго сахлъиялъухъ балагьизе. Росана кколел кагъталги, щвана тохтуралъухъеги. Бицана дирго сахлъиялъул гӏаламатазул ва гьелъ борцана давление. Гьеб батана 120х80. Тохтуралъ абуна лъикӏаб давление бугин. Дица гьелда бичӏчӏизабуна гьеб дуе лъикӏаб батилин, дие, 70 соналде вахунев чиясе, гьеб дандекколеб гьечӏин. Щайгурелъул дир тӏадецуй ахираб 5-6 соналда жаниб 160-170 букӏанин ва дун больницаялъул хӏисабалдеги восун вугин.\nКъокъго абуни, рокъосезул букӏараб хиял (вегизеги гьавилин, дарабиги гьарилин) хӏорго хутӏана. Дару-сабабцин хъвачӏого, цо анкьидаса вачӏайинги абун, нуха регӏана. Гьеб гьедин кколеблъи дида лъалебги букӏана. Гьединаб бербалагьи буго унтараздехун ганчӏил ракӏал ругел цо-цо тохтурзабазул.\nБольницабазде ккарал киназдаго (рес рекъон ккезе хъван ратугеги) дандчӏвайги унтул къиматги гьабулел, унтараздехун ракӏ унтараб бербалагьи бугел тохтурзаби."}
{"slug": "7307-dalaral-kvaraz-kkural-getiaral-khiubal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7307-dalaral-kvaraz-kkural-getiaral-khiubal", "title": "Даларал квараз ккурал гьетӏарал хӏубал", "date": "2020-02-26 10:33:26", "categories": ["pismo"], "text": "Араб гӏасруялъул 50-абилел соназул ахиралда цӏунтӏал тӏадруссана Чачаналдаса умумузул ракьалде. Гьеб заманалда гьезул рукӏинчӏо нартил чирахъалцин. Канада цӏаги бакун гьабулаан квен-тӏехцин. Букӏана кан цӏунизе гьабураб хасаб бакӏги. Ниж, гӏисинал лъимал, иргадал тӏаде рахъунаан, бухӏун бахъаралъул бакӏалда цӏияб кан лъезе.\nАна сонал. Хисана гӏумру. Лъабкъоялда анцӏабилел соназда байбихьана токалъул хӏубал эхетизаризе. Гьеб ишалда рукӏарал махщелчагӏазе кумекалъе рахъунаан росабазул гӏолохъабиги. Ахир-къадги цӏунтӏадерил минабиги гвангъизаруна «Ильичил чирахъаз».\nГьелдаса нахъеги ана гӏураб заман. Гӏазу-цӏад гьарзаяб Цӏунтӏа районалда 70-абилел соназда эхетизарурал токалъул хӏубал басралъун, турун, гьороца регизарун руго. Зехида ва Шаури подстанцияби рагьараб мехалда, дагьа-макъабго хӏалтӏи гьабуна хӏубал цӏигьариялъе. Кидиро, Хутӏрахъ, Хӏибиялъ мухъалде канлъи кьола Зехида бугеб трансформаторалдаса. Шагьикь-Асахъ мухъалде – Шаури трансформаторалдаса.\nЦересел соназда, токалъул кваразул дагьабниги жагъаллъи ккани, 60 километралдасаги рикӏкӏад ругониги, Бежтӏа подстанциялъул хӏалтӏухъаби рачӏунаан гьеб къачӏазе. Жакъа щибаб муниципалитеталда руго ток къачӏалел монтерал. Гъоркьиса, масала, къаси сагӏат микьго тӏубараб мехалда токги сун, бецӏго хутӏана цӏунтӏадерил къогониги росу. Хехабго заманалда жаниб токалъул мухъазда ккараб жагъаллъи инабуна Цебари росулъ вукӏарав подстанциялъул хӏалтӏухъан Гӏабдулкъадир Мухӏамадрасуловас. Гьедин, жиндирго машинаялда бакӏаздеги щун, гьес къачӏана ток Асахъ, Берих ва цогидал мухъаздаги. Амма басралъарал хӏубалги кваралги хисичӏони, подстанциялъул хӏалтӏухъабазухъаги бажаризе гьечӏо жидер жавабчилъиялда гъоркь ругел бакӏазда гӏумру гьабулел гӏадамал токалдалъун хьезарун. Гьелде тӏадеги, хӏубаздаса даларал кваразул хӏинкъи буго гӏадамазул гӏумруялъе. Масала, цо чанго соналъ цее, гьедин даларал квараздаги хъван, токалъ чӏвана Хӏибиялъ росулъа гӏолохъанай гӏадан ва гьелъул лъимал бесдал хутӏана. Рекьоб росдада гӏагарлъухъ токалъ чӏвана Акди росулъа чи – бесдаллъана гьесулги щуго лъимер.\nГӏицӏго Цӏунтӏа районалда хисизе ккола микьнусгоялдаса цӏикӏкӏун токалъул хӏубиги чанго трансформаторги. Гьединабго хӏалалда ругин абизе бегьула Цӏумада районалъул токалъул мухъалги. Хасго хасалил заманалда гӏемераб мехалъ бецӏлъуда хутӏула Метрада, Хъварщи, Хушет росабазул гӏадамал. Токги нухалги – гьел ккола магӏарухълъиялъе чара гьечӏого хӏажатал ва тӏоцебесеб иргаялда тӏуразаризе кколел масъалаби."}
{"slug": "7308-khiak-ik-at-nizher-gobolgi-gudulgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7308-khiak-ik-at-nizher-gobolgi-gudulgi", "title": "«Хӏакъикъат» — нижер гьоболги гьудулги", "date": "2020-02-26 10:36:58", "categories": ["pismo"], "text": "Магӏарул газета цӏали — гьеб къаде кванайго гӏадин гӏадатлъун лъугьараб иш буго нижер рокъоб. «Багӏараб байрахъ» газеталъе тӏоцебе подписка дица гьабуна 1966 соналда.\nЗаман ингун цӏикӏкӏана магӏарул мацӏалда рахъулел газетал, журналал. «Хӏакъикъаталда» цадахъго цӏалулеллъун лъугьана «Ас-салам», «Нурул-ислам» газетал ва «Гьудуллъи» журнал. Нижер рокъоб кидаго къимат букӏана магӏарул мацӏалда бахъанщинаб тӏехьалъул, газетазул. Мунагьал чураяв дир рос Сулейман Мухӏамадовасги жиндирго макъалаби ритӏулаан «Хӏакъикъаталде» ва нижерго районалъул газеталда рахъизе. Гьес жинцаго хӏадурун къватӏибе бичалаан «Гьидерил гӏумру» газетаги. Сулейман хваралдаса нахъе дир цӏалдохъан Патӏимат Гьитӏиновалъ гьабуна гьеб газеталъе редакторлъиги.\nГӏумахан Гӏумаханов бетӏерав редакторлъун ккаралдаса нахъеги «Хӏакъикъат» газета цӏализе жеги гъира бараблъун лъугьун буго. Щибаб цӏияб номер бачӏиналъухъ урхъун балагьун йикӏуна дун. Нижер Гӏурада росулъ бицен ккедал, чанги чияс беццулеб рагӏана дида жакъасеб «Хӏакъикъат». Гьеб квешаб букӏарабани, Гьитӏиноваги инароан тӏадюссун гьений хӏалтӏизе.\nРедакторасеги коллективалъеги гьарула сахлъиги хӏалтӏулъ бергьенлъабиги."}
{"slug": "7310-nuzhee-bayanal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7310-nuzhee-bayanal-e", "title": "Нужее баяналъе", "date": "2020-02-26 10:49:55", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "«Рекӏел ахӏи» рубрикаялде ритӏулел нужерго лъазабиял, гьикъизе бокьараб, лъазе хӏажатаб, лъугьа-бахъараб, смс битӏизе бегьула Вотсапалъул гьаб номералде: 8 988 301 25 40.\nГьединго Вотсапалъул кумекалдалъун нужер рес буго ккара-таралъул хъвалаго, цадахъго суратги битӏизе гьебго номералде.\nИнсанасул напс хӏакъир гьабулел, кьучӏ гьечӏел СМСал газеталда рахъулареблъиги кӏочон тоге."}
{"slug": "7311-gialimzabi-busurbabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7311-gialimzabi-busurbabi", "title": "Гӏалимзаби-бусурбаби", "date": "2020-02-26 10:52:43", "categories": ["history"], "text": "ФИЗИКА\nФизикаялъул бицунаго, тӏоцебе ракӏалде вачӏуна ХӀI гӏасруялъул ахиралда гӏумру гьабун вукӏарав Исмагӏил ал-Жазари.\nГьев рикӏкӏуна гьанжесеб кибернетикаялъул эменлъун. Ибн Хӏайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цӏар рагӏараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хӏалтӏи ва гьев ккола физикаялъул цо бутӏалъун кколеб оптикаялъе кьучӏ лъурав чи. Гьесул хӏалтӏудаса пайда босулаан Европаялда рукӏарал гӏалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги.\nФараби (870-950) абулев гӏалимчияс баян кьуна гьаркьие, ай бихьизабуна физикаялда гьеб щиб кколебали. Ибн Карара (хвана 1100 соналъ) ккола тӏоцебе харатӏалъул станок ургъарав чи.\nИнсанасда воржине кӏолеблъи чӏезабулеб букӏана Исмагӏил Жахӏравица (950-1010). Амма гьесул анищ гӏумруялде бахъинчӏо, битӏун гӏелмуялъул завалалде вахиндал къадаралде щвана. Гьесул анищин абуни гӏумруялде бахъинабуна Хезарфен Ахӏмад Челебица XVII гӏасруялда. Гьес ургъараб алаталъул кумекалдалъун инсан гьаваялдасан воржана Стамбулалда.\nХӏасан Челебийин абуни рикӏкӏуна ракетаби ургъиялъе кьучӏ лъуравлъун. Ракетаялъе хӏажалъулеб цӏатариялъул кумекалдалъун «зодове» воржарав гӏалимчи ккола гьев. Гьев «зодовеги» воржана Мурад-султӏанасе яс гьаюраб къоялъ.\nЭвлия Челеби абулев гӏалимчияс хъвалеб буго Хӏасаница гьаваялде вахъунелъул ахӏанила падишагьасде мун толев вугин Бетӏергьанасда божилъи гьабун абун. Саламатаб манзилалъги боржун, гьев тӏад рекӏараб алат, гамачӏ гӏадин ракьалде бортун бачӏунеб мехалда, киназдаго ракӏалде ккун букӏун буго гьанже гурони гьанже гьев ракьалда речӏчӏилин. Амма Хӏасаница жинцаго ургъараб парашютги рагьун, гьев бигьаго рещтӏун вуго ракьалда.\n«Планер» тайпаялъул боржунеб алат ургъарав чи ккола ибн Фирнас. Гьебгиха 850 соналда. Бакътӏерхьул Европаялдайин абуни вацал Райтал тӏоцере «зодоре» роржана гӏицӏго 1903 соналда.\nФизикаялъул тӏахьазда хъван буго ракьалъул жиндего тӏаде цӏалеб хасият букӏин тӏоцебе Ньютоница загьир гьабунин. Амма тарихалде раккани гьелъул бицунеб буго ар-Рази, ал-Беруни ва ал-Хазини гӏадал гӏалимзабаз. Гьединлъидал ракӏчӏун абизе бегьула ракьалъул щибго жо жидерго тӏаде цӏалеб хасият букӏин бусурбабазул гӏалимзабаз Ньютон гьавилалдего чӏезабун букӏараблъи.\nСагӏтил хьвади рекъезабулеб чарх ургъарав чи Галилей (1564-1642) вугин малъула школазда. Хӏакъикъаталдайин абуни гьединаб сагӏат ургъарав чи ккола ибн Юнус (1009 сон)."}
{"slug": "7312-borokh-khvasar-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7312-borokh-khvasar-gabuna", "title": "Борохь хвасар гьабуна", "date": "2020-02-26 10:55:56", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Малайзиялда цӏа свинабулез хвасар гьабуна чахъу къулчӏараб анлъго метр халалъи бугеб питон-борохь.\nГьелъ цин хӏанчӏана рехъенгун цадахъ кваналеб букӏараб къинаб чахъдада, хадуб гьеб цадахъго къулчӏана. Гьедин гӏорцӏизегӏан кванараб борхьихъа бажарана рехъен кваналеб букӏараб авлахъалдаса нахъе хъурщизе, амма шагьранухкъотӏун унаго гьелъул къуват лъугӏана. Кампунг Джабор росдал гӏадамазда гьеб бихьидал, гьез цӏа свинабулезул къокъа ахӏана хӏинкъи бугеб бакӏалдаса борохь нахъе бачине. Гьелъ кванараб гӏиялъажогун цадахъ борхьил цӏайи букӏана 90 килограмм. Цӏа свинабулез гьеб зоопаркалде щвезабуна. Гьениб ветеринараз гьеб хвасар гьабуна. Гьелъул администрациялъ хӏукму гьабизе буго борохь гьенибгойищ телеб яги эркенлъуде биччанищ телебали. Аслияб къагӏидаялъ питоназ кванала гӏисинал крокодилал, гӏункӏкӏал, кьинччал. Дандекъараб къагӏидаялъ питоназул кванирукъалъул диаметр берзулалдаса гьитӏинаб буго. Амма хӏажалъи ккани, гьеб цӏан бачӏуна антилопацин жанибе унедухъ. Жиндирго къуваталъул хӏисаб гьабичӏого кванаялъ цо-цо мехалъ питоназул кванирукъ бихъулеб буго."}
{"slug": "7324-millatal-ul-bechel-i-yasber-giadin-tsiunila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7324-millatal-ul-bechel-i-yasber-giadin-tsiunila", "title": "Миллаталъул бечелъи ясбер гӏадин цӏунила", "date": "2020-02-27 10:10:51", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Инсанас гӏумру гьабула гӏицӏго жамгӏияталда, гӏаламалда гьоркьоб. Гьединлъидал инсан кидаго вукӏуна цогидал гӏадамазулгун гьоркьоблъиялда. Жидерго пикраби, анищал, рекӏел асарал цоцазе баян гьаризе, гӏадамаз кидаго хӏалтӏизабулеб алатлъун ккола мацӏ.\nМацӏ щулаго бухьараб буго жамгӏияталдаги гӏадамазул гӏакълуялдаги. Мацӏалъ кумек гьабула жамгӏият, гӏелму, техника ва маданият церетӏезариялъе. Гӏадамазда гьоркьосеб бухьен бихьизабулеб алат хӏисабалда мацӏ щулаго бухьараб букӏуна гьеб бицунеб халкъалъул гӏумруялда. Халкъалъул гӏумруялъулъ хиса-басиял ккани, гьеб мацӏалъулъги ккечӏого хутӏуларо.\nДунялалда буго анкьазарго-гӏанасеб мацӏ, амма щивав чиясда лъазе кколеблъунги бищунго къиматаблъунги ккола рахьдал мацӏ. Рахьдал мацӏалъ нилъее кумек гьабула дуниял ва гьелъул лъугьа-бахъинал, гӏадамазул гӏумру ва рукӏа-рахъин, гӏакълу-лъай цоцахъе кьезе, халкъалъул гӏадатгун тарих лъазабизе.\nУмумуз абулаан, «гӏараб мацӏ пасихӏабин, парс мацӏ берцинабин» абун. Амма Хъахӏабросулъа Махӏмудица бихьизабуна «гӏараб мацӏалъул пасихӏлъиги парс мацӏалъул берцинлъиги» магӏарул мацӏалъулъги бугеблъи.\nДица гӏажаиблъи гьабула, рахьдал мацӏалда кӏалъалаго, гӏурус мацӏалъул рагӏабиги гъорлъе журан кӏалъалел гӏадамазда. Дида ракӏалде ккола нилъ кӏалъазе кколин берцинаб, пасихӏаб магӏарул мацӏалда. Гьелъ кумек гьабула рахьдал мацӏалъул бечелъи цӏунизе ва гьеб хадусеб наслуялъухъе кьезе.\nЩибаб миллаталъул букӏуна жибго бетӏергьанаб мацӏ. Гьеб ккола миллаталъул бечелъи. Мацӏ бечедаб бугебгӏан, миллатги бечедаб букӏуна. Гьелда гъорлъ ратула синонималги, омонималги, антонималги, берцинал рагӏабазул сокӏелалги.\nЩивав чиясда тӏадаб буго жиндирго мацӏалда кӏалъазеги хъвазеги лъазабизе. Литературияб мацӏалда битӏун кӏалъазеги хъвазеги лъалеб бугони, гьеб ккола тӏадегӏанаб даражаялда рахьдал мацӏ лъалеб букӏин.\nРахьдал мацӏ цӏуниги гьеб цебетӏезабиги гьанжесеб нилъер гӏумруялда Жаниб кӏвар бугеб суал ккола, щайгурелъул инсанияталда гьоркьоб лъугьунеб иш мацӏ бициналдалъун лъугьуна. Мацӏ цебетӏечӏони, церетӏоларо гӏелмуги, техникаги, маданиятги. Гьединлъидал нилъее бокьизе ккола нилъерго мацӏги, Ватӏанги, маданиятги. Гьеб бокьизе ккани, цӏализе ккола Цӏадаса Хӏамзатилги, Расул Хӏамзатовасулги, Фазу Гӏалиевалъулги, цогидазулги\nасарал.\nЦо-цо гӏадамаз, рахьдал мацӏ бицунаго, хӏалтӏизарула кигӏан хӏажат гьечӏониги, батӏияб мацӏалъул, хасго гӏурус мацӏалъул рагӏаби. Къваригӏелго гьечӏого хӏалтӏизарурал чияр мацӏалъул рагӏабаз рахьдал мацӏ хвезабула. Хасго гьеб тӏибитӏун буго гӏолохъанаб гӏелалда гьоркьоб. Дандчӏвала жидерго рахьдал мацӏалъул хӏурмат гьабуларел, рахьдал мацӏги rlypyc мацӏги жуба-гъубазабун бицунел дагъистаниялги. Рачӏа нилъеца нилъерго мацӏги маданиятги, ясбер гӏадин, цӏунизин!\n«РФялда лъайкьеялъул хӏакъа-лъулъ» абураб къануналда рекъон, аслияб масъала ккола гӏемермиллатазул мацӏги, маданиятги, гӏадаталги цӏуни. Багьа цӏикӏкӏараллъун ккола нилъер халкъалъул ва умумузул гӏадаталги, махщелчагӏазул тӏагӏелалги, халкъалъул кӏалзул гьунаралъул асаралги.\nБачӏунеб гӏелалъухъе ирсалъе кьезе кколеб бищун аслияб хазина ккола мацӏ. Щайгурелъул рахьдал мацӏалъ бихьизабула миллаталъул маданият, мацӏалъулъ загьирлъула халкъалъул ургъелал, гӏамал-хасият. Гьеб кинабго цӏунизе ккани, цӏунизе ккола рахьдал мацӏги гьелъул цебетӏейги.\nРасул Хӏамзатовасул творчествоялда жаниб аслияб бакӏ ккола мацӏ ва халкъалъул маданият цӏунизе ккеялъул бицунел асараз. Гьеб ра-хъалъ мисаллъун ккола шагӏирасул «Авар мацӏ» абураб кечӏги. Гьеб ккола миллаталъе гьечӏого гӏолареб нахърател, нахъарукъ, гьансито.\n«Амма гьал кьурабалъ\nулкаялъ тарал\nМактабазда гьеб мацӏ\nмалъизе ккела.\nГьеб рекъараб буго\nнилъер халкъалда,\nЧерхалда борчараб\nрачел киниги», — ян хъвана шагӏирас.\nРахьдал мацӏ бацӏцӏадго бицине лъалеб бугони, нилъеда лъала пасихӏго кӏалъазе, кучӏдул цӏализе, харбал рицине, кицаби тӏамизе, бицанкӏаби чӏвазе.\nНилъер мацӏалъул гъварилъуде раккани, нилъергӏан пасихӏаб мацӏ батиларо.\nГьанжесеб гӏелалъул цо-цо гӏадамаз бацӏцӏадго бицунаро магӏарул мацӏ. Гьез жигар бахъуларо я рокъоб, я школалда гьеб лъазабизе. Гьел кӏалъала рекӏинчӏеб гӏащтӏиялъ цӏул бичӏулел чагӏи гӏадин.\n«Щай дие къваригӏун\nбугеб Дагъистан,\nДир гьаракь бахъани\nдир лъималахъа?\nЩай дий магӏаруллъи,\nмагӏарул чагӏаз\nЧияр мацӏ бицунеб\nжидерго гъасда?»\n(Р. Хӏамзатов)\nВай, дир пасихӏаб авар мацӏ! Мун гьечӏони, рахьи кин балеб, зигара кин гьабилеб, гьоболлъухъ кин рещтӏинев, кечӏ кин ахӏилеб?\nШагӏирзабаз ва хъвадарухъабаз тараб авар адабият лъица цӏалилеб? Мацӏ лъалеб гьечӏони, нилъер «Хӏакъикъат» газета лъица цӏалилеб? Расулица абун буго: «Нужеца мацӏги цӏарги кӏочене тани, лъица цӏализе ругел къватӏире риччарал дир тӏахьал?» — ан.\nМиллаталги мацӏалги гӏемер-лъиялъ берцин гьабула Дагъистан, хӏатта Россиягицин. Мацӏал батӏи-батӏиял рукӏаниги, дагъистаниязул анищалги хьулалги цохӏо руго. Мацӏазул гӏемерлъиги гӏадамазул цолъиги – гьеб букӏана Россиялъул аслияб чӏухӏиги, тӏадегӏанлъиги, борхалъиги.\nГӏакълу дагьал цо-цо гӏадамаз абулеб буго, рахьдал мацӏ лъачӏониги тӏубалин абун. Гьеб мехалъ тӏагӏуна халкъалъул адабги, гӏаданлъиги, цоцазул гьабулеб хӏурматги, умумузул бахӏарчилъиги. Гьединал гӏадамаз нилъер мацӏалдаги миллаталдаги тӏад роржанхъизарулел руго чӏегӏерал накӏкӏал. Гьез бицунеб буго, лъималазе бокьани гурони, рахьдал мацӏал малъизе кколарин абураб загӏипаб хабар. Бахъуге халкъалъухъа Тӏадегӏанас кьураб рахӏмат! Биччанте школазда рахьдал мацӏ малъи тӏадаблъун гьабизе! Гьеб мацӏ нилъехъа бахъани, букӏине гьечӏо нилъер адабиятги маданиятги. Батиладай хадусел наслабазда нилъер гъасда эбелалъулаб хинлъиги инсулаб тӏалабги?\nНилъер бахӏарчиял умумуз нилъехъе кьураб бищун хирияб хазина буго рахьдал мацӏ. Гьеб нилъехъа бахъани, тӏагӏуна миллат."}
{"slug": "7325-mukhiamad-makhulov-ditsa-dungo-rikikiuna-talikhiav-chil-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7325-mukhiamad-makhulov-ditsa-dungo-rikikiuna-talikhiav-chil-un", "title": "Мухӏамад Махулов:«Дица дунго рикӏкӏуна талихӏав чилъун»", "date": "2020-02-27 10:44:17", "categories": ["insan"], "text": "Гьал къоязда гӏумруялъул 105 сон тӏубай кӏодо гьабизе буго Мухӏамад Махуловас. Гьев хӏалтӏана партиялъул Хунзахъ, Гъуниб, Хьаргаби, Казбек райкомазул тӏоцевесев секретарьлъун, ДАССРа-лъул Халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул тӏоцевесев заместительлъун. Вищун вукӏана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, КПССалъул XХӀV съездалъул делегатлъун, щуго нухалда – ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, 20 соналъ вукӏана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул членлъун.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда улкаялъул Тӏадегӏанав командующиясул рахъалдасан щвана кӏиго баркала, мустахӏикълъана Социалистияб Захӏматалъул бахӏарчиясул цӏаралъе, Ленинил кӏиго, «Захӏматалъулаб Багӏараб Байрахъалъул», «Хӏурматалъул гӏа-ламат» орденазе, гӏемерал медалазе ва Хӏурматалъул грамотабазе. Гьев ккола ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб Херазул советалъул ва рагъулгун захӏматалъул ветераназул Дагъсоветалъул президиумалъул членги.\nГьал къоязда нижер мухбир дандчӏвана Мухӏамад Махуловгун.\n— Мухӏамад, 23 февралалда дуца 105 сон бала. Доб заманалда росабазул советал рукӏинчӏелъул, гьединал хъвай-хъвагӏаял гьарулел рукӏанадай?\n— Хунздерил гӏадат букӏана лъимер гьабидал Къуръаналъул тӏанчазул рагӏалда лъие лъимер гьабурабали хъвалеб. Дун гьавураб къоялъги Къуръан цӏалулев вукӏарав Мухӏамад абулев чияс, дун гьавунин рохалилаб хабар бициндал, жинцаго цӏалулеб букӏараб хирияб тӏехьалъул тӏанчил рагӏалда хъван батана Махуласе вас гьавураб къо-моцӏ, сон.\n— Щал рукӏарал дур эбел-эмен? Нужер фамилия кин бачӏараб?\n— Хӏуригат бахъилалде дир эбел-инсул рукӏана 16 къали хьалеб хурги, оцалги, чуги, хӏамаги. Ватӏаналъе хӏинкъи бугилан гӏурус пачаясул ахӏи бачӏиндал ва нужеего бокьун ватӏан цӏунизе къватӏире рахъаян улкаялъул бетӏерас абидал, Япониялъулгун рагъде унев Хунзахъа 78 гӏолохъанчиясда гьоркьов вукӏун вуго дир эменги. Нижер фамилия бачӏиналъе ккун буго гьадинаб гӏиллаги: цо рагъулъ инсуда речӏчӏараб гулла, тункӏил рачелги тӏезабун, тункӏидаги щун нахъе кӏанцӏун буго. Гьеб бихьарав, инсуда цадахъ вукӏарав цо тӏанусисес абун буго: «Вагь, Маххулав, мун киданиги хвезе гьечӏо», — ян. Инсуда батӏияб цӏар букӏана, амма гьелдаса нахъе гьесда Махулав абураб цӏар рекӏана. Нижер фамилия гьедин бачӏараб буго. Дагъистаналда граждан рагъ бугеб заманалда советияб власталъул рахъалдаги чӏун вагъана дир эмен, гьев вукӏана багӏарав партизан.\n— Лъимерлъуда, гӏолиллъуда щивлъун вахъине бокьун букӏараб?\n— Хунзахъ росдал опорнияб школалда дун цӏалулеб заманалда дие дарсал кьолев вукӏана Зайирбег Гӏалиханов. Гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна авар халкъалъул абиял, биценал, кицаби ракӏариялъе. Школалда цӏалулеб заманалда дица гӏемер пикру гьабулаан Зайирбег Гӏалиханов гӏадинав учитель дир вахъинародаян.\nГьедин педагогикиял курсал лъугӏизарурав дун хӏалтӏизе витӏана Гӏоротӏа росдал школалде. Гьенив директорлъун хӏалтӏулев вукӏана Мухӏамад Гӏабдулмажидов. Гьес дида гӏемераб жо малъана, лъазабуна, лъай кьеялдехун дилъ рокьи бижизабуна. Харахьи росдал школалда хӏалтӏулеб мехалда дир дарсиде вачӏана районалда хӏалтӏулев вукӏарав цо жавабияв хӏалтӏухъан – гӏурусав. Дица кьураб дарсги бихьун, гьес дида абуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул (райОНО) нухмалъулевлъун хӏалтӏизе вачӏаян. Дица гьесда абуна, дир гьеб хъулухъалъе гӏураб лъай гьечӏин, амма Хунзахъ гӏумру гьабулел дир эбел-эменги ругелъул, хӏалтӏизе вачӏине бокьилаанин. Гьеб идараялда маданияталъулгун лъай кьеялъул инспекторлъун хӏалтӏулев вукӏана Цӏадаса Хӏамзатги. РайОНОялъул нухмалъулевлъун вукӏана Мухӏамад Къебедовги. Дица гьел рикӏкӏуна дирго учительзабилъунги.\n— 1940 соналда мун, 25 сон барав гӏолохъанчи, ВКП(б)ялъул Хунзахъ райкомалъул кадрабазул рахъалъ секретарьлъун вищун вукӏана, хадув 1943 соналъул марталда вищана партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъунги. Цогидал кандидатураби рукӏинчӏогойищ?\n— Гьеб заманалде дун района-лъул гӏолилазул цевехъанлъунги лъай кьеялъул органазда хӏалтӏарав хӏалбихьи бугев чилъунги вукӏана. Гьединлъидал дун районалъул коммунистаз цин райкомалъул секретарьлъун, хадув тӏоцевесев секретарьлъун вищана. Дица гьезул божилъи ритӏухъ гьабунилан ккола. Гьеб хъулухъалде рищизе доб заманалда цогидал кандидатурабиги рукӏинчӏо.\n— Рагъул соназ кинаб хӏалтӏи гьабураб партиялъул райкомалъ? Багӏараб Армиялдаса лъутарал, советияб власталъул бакӏалъулал органазде данде къеркьолел гӏадамал гӏемер рукӏанищ районалда?\n— Районалъул захӏматчагӏаз гӏемераб тӏощел, гӏи-боцӏи, бакъвараб гьан, месед-гӏарацалъул тӏагӏелал, гӏарац кьуна фронталъе. Партиялъул райкомалъ жиндирго хӏалтӏи гӏуцӏун букӏана «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе гӏоло!» абураб ахӏиялда гъоркь. Дида киданиги кӏочонаро 1944 соналъул ихдал Дагъистаналъул Совнаркомалъул председательлъун хӏалтӏулев вукӏарав Гӏабдурахӏман Данияловас тӏобитӏараб цо данделъи. Аслияб къагӏидаялда гьенире ахӏун рукӏана магӏарул районазул партиялъул комитетазул тӏоцересел секретарал. Гӏ Данияловас жиндирго кӏалъаялда абуна: «Бахӏарчиял умумузул ирсилазда, ай нилъеда, лъикӏаб цӏарчӏван гьечӏо ва 1924, 1925, 1926 соназда гьарурал гӏолохъаби жидеего бокьун Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ине ккола. Гьеб хӏалтӏи нухда бичине нуж районазде хехго тӏадрусса», — ян. Гьеб данделъиялда дунги цогидалги кӏалъана ва жиде-жидер районазда цебе лъураб масъала тӏубазабизе тӏадеги босана. Дица партиялъул райкомалъул кӏиабилей секретарь Залму Гьитӏиновалъухъе телефоналдасан ахӏана, метерго гӏолохъаби Хъалаялъуб бугеб школалъул клубалде ракӏареян. Дун эхеде щведал, гьениве унелъул дандчӏвана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзат. Дица цадахъ гьевги вачана. Гьенив данделъун ватана рагъде ине бокьарав 203 гӏолохъанчи. Цӏадаса Хӏамзатица ва дица районалъул гӏолохъабазде хитӏаб гьабуна. Гьенир кӏалъазе рахъана Хунзахъ росулъа Хӏосенхӏажи Атаев, Мухӏамагӏали Махулов, Хьиндахъа Жамал Хӏасанов ва цогидалги. Гьез лъазабуна жал Ватӏан цӏунизе къватӏире рахъине, хӏажалъани, жидерго гӏумру кьезеги хӏадур ругилан. Гьедин гьабуна цогидал районаздаги. Дагъистаналдаса квешаб цӏар нахъе бахъана.\nРайоналда рагъулал соназда лъикӏ хӏалтӏулеб букӏана истребительнияб батальонги. 1945 соналъул ихдал лъугӏизабуна гьелъ жиндирго хӏалтӏи. Ункъо соналъ гьелъул комиссарлъун вукӏана дун. Гьелъ къватӏир чӏвазаруна фронталде ине бокьичӏого рахча-хьван рукӏарал, рагъдаса лъутун рачӏарал хъачагъал.\n— Кӏудияб улка ва гьелъул\nцебехъан КПСС биххиялъе гӏайибияллъун гӏицӏго Горбачевгун Ельцинищ рукӏарал? Гьелъие гӏиллаби батӏиял рукӏинчӏодай?\n— Кӏиго чиясда СССРги, гьелъие нухмалъи гьабулеб букӏараб партияги биххизабизе кӏвелароан. Гьезул рахъ кколел, гьезда тӏад рекъолел чагӏиги дагьал рукӏинчӏелъулха. Партиялда ва улкаялда жанир рикьалаби ккана. Цӏигьабун гӏуцӏиялде, кинабго рагьун бициналде, демократиялде гӏадамал хӏадур рукӏинчӏо, партиялъул гьел ахӏиял халкъалда ричӏчӏичӏо. Улкаялда реформаби гьаризе кколаан. Референдумалда СССР цӏунизе кколилан халкъалъ абуниги, биххичӏого хутӏичӏо гучаб улка.\n— Гьанже улкаялда гӏемерал партиял рукӏин лъикӏищ бугеб яги квешищ? Гьанже ругел партиязул кинаб дуе гӏагараб бугеб?\n— Гӏемерал партиял рукӏин лъикӏ гьечӏо. Улкаялда цо яги кӏиго партия букӏине ккола. Дие цонигияб партияги гӏагараб гьечӏо, гьезул кьеразулъе лъугьине дир къасдги ккечӏо. Дун цо партиялде лъугьун вукӏана, хвезегӏан гьелъие ритӏухъавги вукӏине вуго, партбилетги цӏунун буго.\n— Исламияб диналдехун кинаб бербалагьи букӏараб ва бугеб?\n— Исламияб диналъул лъикӏав гӏалимчи вукӏана Харахьиса Гӏумар. Дун гьесда цеве цӏалана, лъугӏизабуна Къуръан, хадуб «Мухтасарги». Дун кидаго божулаан Аллагьасда. Рес рекъон какги течӏо, кӏалги ккуна. Тӏадегӏанас щивав бусурбанчиясда тӏад лъурал парзал тӏуразарула гьанжеги.\n— Мун разияв вугищ дуца нахъа тараб гӏумруялъулаб нухдаса?\n— Гӏемераб хӏалтӏи гьабун бажарана божилъиги гьабун дун хӏалтӏизе витӏарал районазда. Дагъистаналъул тарихалъулъ дир гӏумруялъ лъикӏаб бакӏ кквезе бегьула. Дица дунго талихӏав чилъунги рикӏкӏуна. Аллагьасе рецц буго, 105 сон базегӏан чӏаго хутӏана. Дида лъан гӏадамасе зарал ккезе течӏо, бажарараб кумек гьабуна, пайдаявлъун вукӏине хӏаракат бахъана.\n— Дурго ва дуца гӏумру гьабураб заманалъул, машгьурав политикияв ва жамгӏияв хӏаракатчи Мухӏамад Махуловасул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе ракӏалда гьечӏищ дуда?\n— Тӏехь хъван гьанже бажариларо. Канлъи дагьлъулеб, дунго херлъун вуго. Дида ракӏалда букӏана тӏехь хъвазе, амма жакъа-метерилан нахътӏамун хутӏана. Цогидаздаги хъвазабун, тӏехьалда гъоркь дирго цӏар хъвазеги къабуллъиларо. Дир хӏакъалъулъ тӏехь хъван букӏана хъвадарухъан ва журналист Мухӏамад Шамхаловас. «Кӏудияб гӏумруялъул къоял» абураб тӏехьалда дир фамилия хисизабун Маргъаловилан кьун буго, хисизабун буго дун партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏараб района-лъул цӏарги."}
{"slug": "7327-islam-bosarav-italiyav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7327-islam-bosarav-italiyav", "title": "Ислам босарав италияв", "date": "2020-02-27 11:20:18", "categories": ["history"], "text": "Истамбулалъул аэропорталда, рокъое йоржине заман щвезегӏан балагьун чӏарай дида аскӏовеги вачӏун, гӏодов чӏана батӏияб пачалихъалъул вукӏин бихьулев, берцинго ретӏа-къарав бихьинчи.\nДихъги валагьун, жиндирго мацӏалда цо жо цӏехолеб букӏана гьес. «Ислам» абураб рагӏиги такрарлъулеб букӏана гьесул кӏалъаялъулъ. Щибго бичӏчӏулеб гьечӏин абун квераз ишанги гьабун, кӏварго кьечӏого тана дица гьев. Цинги жиндирго телефоналда, яндекс-таржама гьабулеб программаги рагьун, бичӏчӏизабуна гьес дида жиндирго мурад. Гьес жиндирго мацӏалда хъвараб жо, дие гӏурус мацӏалда бачӏунаан таржама гьабун. Гьедин ричӏчӏана ниж цоцазда. Гьев вугоан Франциялда гӏумру гьабулев Италиялдаса, исламияб дин босарав Кристиан Вейчел. Гьес цӏехолеб букӏун буго дида, дун бусурманай гӏадан йигищилан. Гьес бицана дие, жинца дин босиялъе ккараб сабабалъулги.\nГьанжеялдаса лъабго соналъ цебе гьесул лъади авариялдеги ккун хун йиго. Нахъе хутӏун буго лъабго сон бараб цо, жеги лъагӏел бачӏеб кӏиабилеб лъимер.\nГӏодун чӏолареб гьитӏинаб лъимада щиб гьабилебали лъаларого вугев гьав, мадугьалихъ йигей лъимал гӏемерай гӏаданалъухъе ун вуго кумек гьарун. Гьей йикӏанин бицана гьес Дагъистаналдаса бусурманай гӏадан, апараглъиялде Франциялде ккарай. Амма гьесие бусурбаби киданиги рокьулел рукӏун гьечӏо. Эбел хун хутӏарал жиндирго лъималазул ургъалилъ вугев гьесие, инкар гьабичӏого, кумек гьабизе яхъарай гьей бусурманай мадугьалалъул гӏаданлъиялъ къоял анагӏан гӏажаиблъизавунин живилан бицана гьес.\nДица гьесда цӏехана, щай дуе бусурбаби рихарал рукӏаралин.\n«Щаяли лъаларо, амма дие киданиги рокьулароан бусурбаби ва исламияб дин. Амма дун мекъи вукӏун вуго, гьанже къойил щуябго какги бала дица. Квешлъиги лъиениги гьабуларо ва гьабизе ракӏалдаги гьечӏо. Дида исламияб дин бищун бацӏцӏадаблъун бихьана. Гьанжелъизегӏан гьеб щайдай дида лъачӏоян ракӏ бухӏун букӏуна дир. Дир гьудулзаби релъулел рукӏунаан дида тӏад, дун хӏажатханаялъуве лъел шишаги босун унев вихьараб мехалъ. Дица бицана гьезие ислама-лъул бацӏцӏалъиялъул, хӏажатханаялъубе лъим босиялъул магӏнаялъул. Дагь-дагьккун гьезул гьурмадаса релъиги тӏагӏана, гӏенеккунги чӏун, цоцазухъги ралагьун, хӏикмалъун хутӏана. Гьелдаса хадуб, дир лъикӏав гьалмагъасги босана ислам», — ин бицана Кристианица. Гьей Дагъистаналдаса бусурманай гӏаданалъул хъизамалъул баракаталдалъун цо чанго чи бусурманлъунги вуго гьенив.\nДица киса, щиб шагьаралдаса гьей гӏаданалъул хъизамилан цӏехедал, гьесда бицине лъачӏо гьезул росу-ракь. Цого-цо гьесда лъалеб жо бугоан гьей «аварай» йикӏин. Бицанагӏан бицине бокьулеб букӏана Кристиание бусурбабазулги гьезул гӏумруялъулги хӏакъалъулъ. «Дица дирго лъималги гӏезаризе руго бусурбабилъун. Руччабиги гьезие рачине руго, Аллагьас хъван батани, исламияб диналъул, щайгурелъул нижеразда данде ккун исламияб диналъул руччабаз росасе гьабулеб хъулухъ, адаб-хӏурмат, къимат тӏадегӏанаб даражаялъул буго», — ян абуна гьес.\n— Дуца исламалда рекъараб цӏарги хисизе ккелаха, — ян дица абидал, гьелда тӏадги жив ургъизе вугин абуна италиялъулас.\nГьев батӏияб пачалихъалъул бусурманлъарав чияс бицаралъ цӏакъ асар гьабуна дие.\nКир ругониги, лъикӏаб мисалаздалъун исламалде гӏадамал цӏазе, Аллагь разияб гӏамал гьабизе тавпикъ кьеги бусурбабазе."}
{"slug": "7328-zhamagiat-g-unkaral-ub-l-ikil-i-tiegala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7328-zhamagiat-g-unkaral-ub-l-ikil-i-tiegala", "title": "Жамагӏат гъункаралъуб лъикӏлъи тӏегьала", "date": "2020-02-27 11:31:27", "categories": ["history"], "text": "Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул кинабго гӏамал къотӏула, лъабгояб хутӏизегӏан. Гьеб лъабабго гьоркьоса къотӏичӏого хьвадулебги букӏуна – халкъалъе гӏаммаб маслихӏат бугеб бакӏалде жиб буссине гьабураб (лъим бачине, нухал къачӏазе, мажгит, кьо базе) садакъа; гӏадамазе пайда бугеб лъай кьей; жидеца гӏелмуялда рекъон гӏамалги гьабулел, жиндие дугӏаги гьабулел лъимал гӏезари». (Имам Муслим).\nНилъ хун хадуб кириги халкъалъул баркалаги къотӏулареб хӏалтӏи гьабулел гӏадамал ни-лъеда сверухъ дагьал гьечӏо. Жакъа къоялда жаниб хӏажатаб, хадусеб гӏелалъеги мисаллъун хутӏулеб хӏалтӏи гьабулеб буго ахирал соназда ДРялъул муфтияталъул мугӏрузул районазда ругел вакилзабаз. Районазул имамзабазухъа ва исламияб лъай кьеялъул отделазухъа бажарана пачалихъиял лъай кьеялъул идарабигун цадахъ рекъон хӏалтӏизеги. Жакъа гӏемерисезда бихьулебги батила щибаб районалъул росабалъ исламияб лъаялде кӏвар кьолеб букӏин. Халкъ лъикӏлъиялде цӏалел вагӏза-насихӏаталги гӏемер гьарулел руго. Диниял хӏаракатчагӏаз гьабулеб хӏалтӏи гьанже киназдаго социалиял гьиназдаса, батӏи-батӏиял информациялъул алатаздаса бихьизе рес буго. Дин тӏибитӏизабизе гьукъарал соназда как-кӏалалъул кириги, исламалъул лъикӏлъиги букӏунеб хӏалалда бичӏчӏулеб букӏун батичӏони, жакъа щивав чиясе рес буго гьелъул гъварилъуде раккизе. Цӏияб гӏелалъе битӏараб тарбия кьеялъулъги кӏудияб бакӏ кколеб буго диниял гӏуцӏабаз. Ясли-ахаздасанго байбихьун лъимал ругьун гьарулел руго как базе, Къуръаналъул аятал битӏун цӏализе, иман-ислам лъазабизе.\nДинги магӏишатги цадахъ бачуна\nДиниял гӏуцӏабазул баракаталдалъун росабалъ ралел руго мадрасаби ва мажгитал. Динияб рахъалде ракӏал руссараб жамагӏат росабалъ букӏинчӏебани гьебги захӏмат букӏинаан. Росдал администрацияги, диниял хӏаракатчагӏиги, жамагӏатги цадахъ рекъон хӏалтӏун, ахираб чанго соналда жаниб Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ бана лъабго мажгитги мадрасаги. Росулъ щивасул рокъобе лъим бачана, магъилъе цӏияб нух бахъана, цӏидасан гӏатӏид гьабун къачӏалеб буго росулъа жанисан унеб нухги.\nИнгердахъ росулъ 270-ялдаса цӏикӏкӏун цӏараки буго. Цогидал росабалъа гӏадин, ингердахъел гӏатӏиракьалде гӏемер гочунаро. Боцӏи-панз хьихьун, хур-харил хӏалтӏи гьабун, хӏалалаб чедги кванан, нилъерго ватӏаналда гӏумру гьабун лъикӏилан абула кӏудиял чагӏазги. Шагьаралда мина базе ва гьенире гочине дагьабгӏаги рес рекъарал гӏолилазгицин росулъ жидерго мина-карт чӏунтизе толаро. Хӏатта шагьаралда гӏумру гьабун ругел цо-цояз жидерго эбел-инсуде гӏагардегӏан рукӏине бокьиялъ росулъ цӏиял минаби рала яги басриял къачӏала.\nКигӏан рикӏкӏада ругелги шагьаразда гӏумру гьабулел росуцоял гӏидалъул къоялъ гӏагарлъиялъухъе, умумузул хабаде щвезе рачӏинчӏого чӏоларо. Росулъ букӏараб аслияб мажгиталда бакӏ къваридго букӏунаан гӏидалъул къоялъ как базе рачӏаразе. Гьединлъидал росдал цеве вукӏарав имам, жамгӏияв хӏаракатчи Рамазан Макъсудовасул жигаралдалъун жамагӏат разилъана мажгит кьучӏдасанго биххун цӏидасан базе. Росдал имам Гӏабдула Мажудиновасги кӏудияб хӏаракат бахъана мажгит баялъе. Гьеб бан лъугӏизегӏан гӏадамал хьвадулаан росдал цояб авалалда бугеб гьитӏинаб мажгиталде. Гьанже кӏудияб мажгиталда 750 чиясе гӏураб бакӏ буго. Гьединго росдал рагӏалда бугеб школалда аскӏобги бана цоги авал мажгит. Цӏалдохъабазе ва учительзабазе как базе цӏакъ квегӏенаб бакӏлъун лъугьана гьеб. Какил заманалда росдал мажгитал чӏорогоги хутӏуларо.\nКвараналъ кьураб садакъа квегӏалда лъазе течӏого\nАбу Гьурайратидасан бачӏараб хӏадисалда Аварагас (с.т.гӏ.в.) абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагӏдукь рукӏунел гӏадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хӏатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегӏаб квералдацин лъазе течӏел». (Муслим). Аварагас малъухъе, балъго гьабуна ингердахъез мажгитал къачӏаялъе кьолеб садакъаги.\nАхирал соназда росуго цадахъ лъугьун хабалги къачӏана. Росдал бегавуллъун вукӏарав Асадула Хӏажиевасул квербакъиялдалъун ва Рамазан Макъсудовасул жигаралдалъун, пачалихъалъул кумеки гьечӏого, жамагӏатго цадахъ лъугьун лъим бачунел рогӏрал хисана ва канализация бачана.\nАфгъаназул рагъул гӏахьалчи Зикрула Дибирдадаевасул кумекалдалъун, чанго соналъ цебе, росу бакьулъ цӏияб мадрасаги бана. Гьенирго гӏумру гьабун ва цӏалулел рукӏана цогидал районаздасагун шагьараздаса мутагӏилзаби. Цере гьенир лъабго сменаялда цӏалулел ва чанго мугӏалимас дарсал кьолел рукӏун ратани, исана гӏицӏго росулъа мутагӏилзаби гурони хьвадулел гьечӏо. Къаси-къаси чӏахӏияб ригьалъул бихьиналги цӏализарула.\nШагьаралда чӏарав росуцояв Ахӏмад Цевехъановас мадрасаялъе сайгъат гьабуна жиндирго инсул букӏараб мина. Гьеб цӏидасан къачӏан тӏадеги лъаб-абилеб тӏала балеб буго. Макъсудовас бицана кватӏичӏого гьениб руччабазе мадраса рагьизе бугинги.\nКинаб захӏмалъигун данд-\nчӏваниги, ингердахъез жамагӏа-талъул газа кьурдаги рекӏунеб букӏин бихьизабула. 1999 соналда Болъихъ районалде хъача-гъал кӏанцӏидалги ингердахъезул жамагӏаталъ гъункиги, къо ккани мадугьаласе кумек гьабизе хӏадур рукӏинги бихьизабунин бицуна дол соназда росдал бегавулъун вукӏарав Мухӏамад Гӏалиевас.\nДол соназда росдал жамагӏат букӏана гӏицӏго боцӏудалъун ва хуриса бачӏунеб нигӏматалдалъун бетӏербахъи гьабулеб бакӏ. Мухӏамадица Болъихъ районалда ругел солдатазегун ополченцазе кванидалъунгӏаги кумек гьабизе бокьун бугин бициндал, жамагӏатго бакӏарана данде. Цоял картошкадул тургьби раччун рачӏана, цогидаз рахь, хӏан, нах ва цогидал нигӏматал кьуна. Чанго сагӏаталда жаниб кванил нигӏматазул цӏурал машинаби Болъихъеги ритӏана."}
{"slug": "7329-pikrabaz-tsiunula-shigiru-shigiruyal-tsiunula-pikru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7329-pikrabaz-tsiunula-shigiru-shigiruyal-tsiunula-pikru", "title": "Пикрабаз цӏунула шигӏру, шигӏруялъ цӏунула пикру", "date": "2020-02-27 13:17:19", "categories": ["lit"], "text": "Шагӏирасул «Рекалабаздаса»:\n*\nДудаса тӏокӏазда хӏалхъублъичӏого,\nРухӏдаллъизе кӏвани, кӏодолъила мун.\n*\nМалъулел гӏемерлъун, кантӏулел дагьлъун,\nКиналго гӏакъиллъун, гӏадлу хун буго.\nМиллаталъул аслу лъугӏи – бищун кӏудияб балагь\n— Нилъер миллаталда рихьана кӏудиял балагьал: рагъалги, унтабиги, ва цогидал къварилъабиги. Бахӏарчиял умумуз хӏехьана ра-къиги, къечги, кӏудиял къварилъабиги. Амма гьеб киналдасаго бергьине буго мацӏ лъугӏи, тӏагӏин. Мацӏ лъугӏани, лъугӏизе буго миллаталъул аслу, бакъвазе буго гьелъул кьучӏ, — гьадин байбихьана Мухӏамад Патахӏовас диргун гара-чӏвари.\nМухӏамадил цӏар лъала магӏарул адабият бокьулел, гье-лъул унго-унгояб магӏна лъалел магӏарулазда. Гӏемерал соназ гьев хӏалтӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго магӏарул мацӏалда бахъулеб «Гьудуллъи» журналалъул редакторлъун. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магӏарул мацӏалъул секциялъул нухмалъулевги ккола гьев.\n— Рахьдал мацӏал цӏуниялъул суал гьанжеялдаса 40-50 соналъ цебего баккун букӏана. Гьелъие нугӏлъи гьабула Хӏамзатил Расулица хъвараб «Авар мацӏ» кечӏалъги. Бихьулищха, жакъа-ги гьелъул бицунел хутӏунги руго нилъ. Гьеб суалалда тӏад ракӏунтарав хӏакимги ватулев гьечӏо. Рахьдал мацӏ лъайги гьеб мацӏалда кӏалъайги гьезул цо-цояз щаялиго къабихӏаб ишлъун рикӏкӏунеб буго, — ян бицана шагӏирас. — Камилаб интеллигенциялъулги къуватго гӏолеб гьечӏо гьеб цӏуниялъе хӏалтӏаби гьаризе ва гӏуцӏизе.\nЩивав чиясул рекӏелъги бидулъги мацӏалде бугеб рокьи бессун гьечӏони, кинаб бугониги хӏасил ккезе гьечӏо гьабулеб хӏалтӏул. Щивасда бичӏчӏизе ккола рахьдал мацӏ гьечӏого жив тӏуваларевлъи. Масала, кигӏан сурунха букӏинеб магӏарул чиясда зигара гӏурус мацӏалда гьабизе ккараб мехалда: — Примите соболезнования, яги эбел хварай магӏарул яс «мама» абун гӏодулей цебечӏезабизе кӏолеб гьечӏо. Гьеле гьелде рачӏинеги руго нилъ. Гьабсагӏаталда гӏемерисел гӏолил васал уна мажгитазде, кӏвар кьун гӏенеккула гьенир гьарулел вагӏзабазухъ. Щай гьенибги бицине бегьулареб рахьдал мацӏалъул хӏакъалъулъ. Учительзабаз эбел-инсуде, эбел-инсуца учительзабазде тӏамун, мацӏалъул иш тани, нахъа кватӏизе руго…\nМагӏарулаз байбихьун буго диктант хъвазе. Гъоркьисаги гьеб хъвана Махӏачхъалаялъул тарихалъул паркалда. Щай бегьилареб гьединго данделъизе ва сочинение хъвазеги. Гьелъ дагьабги борцинаан мацӏ лъаялъул даражаги. Дида ккола диктант хъвазе мацӏ лъалев чиясе гьедигӏан захӏматаб жо гьечӏилан, сочинениялъ бихьизабизе буго кин нилъеда мацӏ лъалеб бугебали.\nБолмацӏалъ щула гьабула адабият\n— Къварилъиялъулъги гӏатӏи-лъиялъулъги магӏарулал цолъизаруна болмацӏалъ. Гьеб щула гьабуна адабияталъ. Жакъаги къуват буго шагӏирасул рагӏул.\nНилъер адабияталда абадиялъго рукӏине руго, масала, Кудалиса Хӏасанил (исана гьев гьавуралдаса тӏубала 305 сон), Къудукьа Мусаласул (исана 370 сон тӏубала гьев гьавуралдаса), Инхоса Гӏалихӏажиясул (исана гьев гьавуралдаса тӏубала 174 сон) асарал. Мисалал дагьалги рачине бегьула. Гьеле гьединаб кутакаб букӏуна унго-унгояб рагӏул къуват. Гьанже рачӏаха дандекквезе жал шагӏирзабиян ахӏдолезулги гьезулги шигӏру.\nЦо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго дие: гьабсагӏаталда нилъеда, хасго гӏолилазда, лъала бидул тӏадецуй борцинеги, уколал гьаризеги, капельницаби лъезеги, щиб унтуе щиб дару ре-къолебалиги. Дидаги лъала гьеб кинабго, бетӏер унтани, диего къваригӏунеб даруги лъала. Дунги тохтурищха кколев!?\nДидаги унго-унгояв тохтурасдаги гьоркьоб кигӏан кӏудияб батӏалъи бугеб батаниги, гьеле гьединаб кӏудияб батӏалъи буго профессионалияб поэзиялдаги гьанжесел «шагӏирзабазул» кучӏдуздаги гьоркьоб. Жакъасел «шагӏиразабазул» буго кӏиго гъалатӏ: гьезда лъалеб гьечӏо хъвадаризе. Гьеб тӏоцебесеб. Кӏиабилеб босани, гьездаго лъалеб гьечӏо жидедаго хъвадаризе лъангутӏиги. Цоцазулги цогидазулги мухъалги рикъулел руго цӏоб тун.\nПоэзиялъул буго цохӏо жиндиего хасаб мацӏ. Гьелъ батӏа гьабула гьеб прозаялдаса. Гьеб\nбалъголъиялда хадур гъечӏони, шигӏрабаз каранда цӏа гьелегьинабуларо.\nНилъее, магӏарулазе, Тӏадегӏа-насго кьураб пагьму буго кечӏ хъвай. Гьеб хъвачӏев цониги магӏарулавги ватиларо. Киналго кучӏдузул гуро шигӏру лъугьунеб. Цо-цоязда квешги букӏина гьеб. Амма гьедингӏаги абичӏого тӏубалеб хӏалги гьечӏо. Бокьун гьечӏо дие миллияб адабият загӏиплъизе, — ян абуна Мухӏамадица гара-чӏвариялъул ахиралда.\nМацӏазда хурхарал къецаз мацӏал церетӏезарула\nРахьдал мацӏазул къецаз мацӏ лъай цебетӏезабулинги абуна шагӏирас:\n— Районазулги буго кӏудияб кӏвар мацӏ цӏунун хутӏиялъулъ. Щай бегьилареб, масала, кинаб районалда шагӏир гьавун ватаниги, гьеб районалъ къецазда бергьаразе премия кьезе. Гьеб гьедигӏан захӏматаб иш гуро. Масала, гӏолилазда ва цӏалдохъабазда гьоркьоб.\nБищун лъикӏаб сатирикияб асаралъул конкурсалда бергьаразе кьезе бегьула Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб премия, лъикӏаб прозаялъухъ — Муса Мухӏамадовсул премия, шигӏрияб асаралъухъ — Хӏамзатил Расулил яги Фазу Гӏалиевалъул цӏаралда бугеб премия. Дида ракӏалде ккола гьединал тадбираз гьезулъ мацӏалде рокьи бижизабилилан.\nБицана Мухӏамадица ракӏунтун сверухъ ругел ургъел-гьечӏолъиялъ унтун ругезул хӏакъалъулъги. Бихьулеб букӏана рахӏат гьечӏел шагӏирасул пикрабазул хӏалуцинги, мацӏалъул ва адабияталъул букӏинеселъ гьесул рахӏат хвезабун букӏинги. Макъалаялъул ахиралдаги лъолел руго шагӏирасул «рекалаби».\nЦо-цо гӏадамазул\nгӏумруго уна,\nГӏаздада жидерго\nцӏарал хъвалаго.\n***\nБитӏараб тӏилалъул\nрагӏад гьетӏани,\nГьетӏараб тӏилица\nтӏалъи босила."}
{"slug": "7330-gab-matsial-kial-ala-tiadegianasda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7330-gab-matsial-kial-ala-tiadegianasda", "title": "Гьаб мацӏалъ кӏалъала Тӏадегӏанасда", "date": "2020-02-27 13:26:41", "categories": ["lit"], "text": "Дир гӏагараб мацӏ. Дир рекӏел бухӏиги, угьиги, гьимиги гьаб. Дир кӏиабилеб хӏухьел. Тӏоцебесеб хӏухьелалда цадахъ дир чорхолъ рещтӏана гьаб ва гьениб абадиялъе бессун хутӏана. Гьаб мацӏалда гьимана дие бакъ, магӏарул мацӏалда еэдана дун талихӏалъул бакъул хӏасратал чӏораз, гьаб мацӏалда рагӏана дида эбелалъул кинидахъ кечӏ.\nМагӏарул мацӏалда рачана дие мугӏрул иццазги, сабурго ва гӏанчӏго чвахун унел лъаразги гӏажаибго кӏарчанал саринал. Гьаб мацӏалда кӏалъана дида бахӏарчияб магӏарул тарих. Гьаб мацӏалда Дагъистаналъул цӏар дунялалда рагӏизабуна Цӏадастаналдаса магӏарулас. Магӏарул мацӏалда угьдана ватӏаналъухъ гӏащикълъарал Халилбегил суратал. Магӏарул мацӏалда гӏодана Махӏмудил пандур. Гьаб мацӏалъул хӏайранлъиялда гъоркь гурищ пахруял цӏумаз тӏавап гьабулеб зобалазде гӏунтӏарал мугӏрузда. Дир гӏагараб магӏарул мацӏ. Гӏагараб миллат нурлъун гвангъизе мугӏрузда рещтӏараб жавгьарги гьаб. Гьаб мацӏалда гьардола дун Тӏадегӏанасда. Гьаб мацӏалда гаргадула дун умумузул заналгун.\nБокьула дие нилъерго гӏагараб магӏарул мацӏ. Гьалъул гъасда беролеб цӏадухъ гӏадин, пикрабазе роцӏенги руцӏенги щоларо. Гьаб мацӏалда бижараб гӏакъиллъиялъ гӏадин, нилъеда бауларо.\nМиллаталъул кинабго бечелъиги, сахаватлъиги, рухӏияб нахърателги, бахӏарчияб тарихги речун буго гьениб, магӏарул мацӏалъул гъасда. Божизе бокьулеб гьечӏо жакъа гьениб рекӏараб цӏадухъ хинлъизе рачӏунезул къадар дагьлъулеб букӏиналдаги. Шагьаралдагицин цӏикӏкӏунеб буго мацӏ лъазе бокьаразул къадар. Амма магӏарухъе щведал, гьеб пикру тӏубанго кӏочон тола дида. Бицани щиб гьез гӏурус мацӏ, магӏарул мацӏги чвахулеб бугогури гьезул кӏалдисан. Магӏаруллъи чӏаго букӏаго, чӏаго букӏине буго магӏарул кьурабазда бижараб, гьенисан зобалазде харун бажарараб дир магӏарул мацӏ. Гьаб мацӏалда гурищ бахӏарчилъиялъул цӏар рагӏизабураб Шамилил хвалченалъ. Гьеле гьаб мацӏалда белъанхъула нилъер талихӏ, гьаб мацӏалда гӏодула гӏумру, угьдула къисмат. Кинабго – рахьдал мацӏалда.\nМагӏарул мацӏалда цӏалула нилъеца Инхоса Гӏалихӏажиясул кицабиял алфазал, гӏагараб мацӏалда кьурал Хӏамзат-кӏудил гӏумруялъул дарсал гурищ нилъер рухӏияб бечелъиялъул роцен. Гьаб мацӏалда чӏухӏула дун миллаталъул цӏар цӏвабзазда хъварал магӏарул васаздасаги ясаздасаги. Магӏарул мацӏ ккола нилъеца цоцазул ракӏазухъе лъураб рокьул кьолъун. Гьеб кьодул ссакӏ бекани, лъугӏула нилъер миллат. Гӏумруялъул ццидалал карачелаз росун унел нилъ хвасар гьаризе щивго гӏедегӏизе гьечӏо."}
{"slug": "7332-magial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7332-magial", "title": "Магӏал", "date": "2020-02-27 13:34:13", "categories": ["insan"], "text": "Цо-цо чагӏи рукӏуна цогидазда аскӏоб согӏаб махсараги гьабулел, цогидазде рагӏабиги рехулел, амма жидедаго аскӏоб гьебго гьабулеб бугони, кутакалда мекъи бихьулел. Хасго хӏукуматалъул хӏалтӏуда ругел гӏемерисел нухмалъулезе бегьуларо хъулухъалъ жиндаса гъоркьехун вугев хӏалтӏухъанас гъалатӏ бихьизабизе яги бадибчӏвай гьабизе. Гьедин гьабуни, хӏаким барщула ва гьес хӏалтӏухъанасе зарал гьабичӏого толаро, кинаб къагӏидаялъ гьабунги. Щивав чи Бетӏергьанас батӏи-батӏияб гӏамал-хасиятгун вижун вугелъул, киналго чагӏи цо коцонир кьабгӏизе бегьиларо, амма гӏемерисезда мекъи бихьула жидеца чияе гьабулеб жидеего гьабидал.\nЦо пуланаб росдал школалъул директорасулгун ракӏ рагьараб кӏалъай ккедал, гьес гӏайиб чӏвачӏев учительго хутӏичӏо. Киналго хӏалтӏухъабазда ракӏхун вугоан гьев. Дида лъаларо гьеб школалда хӏалтӏулел учительзабазул гьесдехун кинаб бербалагьи бугебали, амма бичӏчӏана директор гӏумруялдасаги гӏадамаздасаги рази гьечӏев, цӏакъ хехго ракӏхолев, захӏматго гӏумру тӏамулев чи вукӏин. Пуланаб росдал школалъул директорасулгун ккараб кӏалъай-басаялдаса хадуб дида ракӏалде бачӏана цо гьадинаб бицен.\nЦо нухалда мугӏалимасухъе вачӏуна цӏалдохъан ва гьес абула: «Валлагь, мугӏалим, дида щиб гьабилебали лъаларо, амма цӏакъ захӏматго гӏумру гьабулев чилъун гӏолев вугин ккола дида дунго. Дида аскӏоб хӏалихьатал жал гьарулел гурони лъималги кколел гьечӏо, гьездехун ракӏхун гӏемерисеб заманги унеб буго. Щибдай гьабила»?\nМугӏалимас гьесухъе магӏазул цӏураб таргьа кьола ва абула лъида бугониги ракӏхун лъугьанщинахъе цо-цо магӏ къадалъ кьабгӏейилан.\nТӏоцебесеб къоялъго гьев цӏалдохъанас къадалъ кьабгӏула 26 магӏ. Хадусеб анкьалъ гьев ругьунлъула сабру гьабизе ва къадалъ кьабгӏарал магӏазул къадар саламатго дагьлъула. Гьесда бичӏчӏула магӏал кьабгӏулев вукӏиналдаса сабру гьабиго бигьалъизехъин букӏин. Ахир-къадги бачӏуна цо къо, гьев васас цониги магӏ къадалъ кьабгӏизе ккечӏеб. Гьелдаса вохиялъ векерула мугӏалимасухъе ва рохел загьир гьабула. Мугӏалимас гьесие кьола цӏияб тӏадкъай, ай лъида бугониги ракӏхвезе течӏого сабру гьабизе кӏванщинаб къоялъ цо-цо магӏ къадалъа нахъе бахъейилан.\nЛъикӏаланго заман ун хадуб цӏалдохъанас мугӏалимасда бицуна къадалъ цониги магӏ хутӏичӏилан. Гьеб мехалда мугӏалимас кверги ккун цӏалдохъан гьеб къададе аскӏове вачуна ва хӏалчӏахъадилан гьесие рецц-бакъ гьабула.\n«Амма халгьабеха къадада рахъун ругелщинал картӏал. Гьанже гьаб къед киданиги букӏине гьечӏо цебе гӏадаб берцинаб. Лъида бугониги ццин бахъун, рокьукъал рагӏаби абулел ругони, гьаб къададаго гӏадин, гьев чиясул рекӏелъги хутӏула сахлъуларел ругънал. Дуца тӏаса лъугьайилан гьараниги гьаричӏониги – ругъун хутӏула. Хонжроца лъуралдасаги кӏалалъ лъураб ругъун цӏикӏкӏун унтулебги букӏуна», — ян абула мугӏалимас.\n«Вахӏ, щибха гьанже дица гьаб къадада рахъарал картӏазда гьабилеб»? — ан цӏехола цӏалдохъанас. «Гьеле гьел картӏалгун гьабизе ккола дуца хутӏараб гӏумру», — ян жаваб кьола мугӏалимас.\nРачӏаха халгьабизе тӏоцебе нилъехъго, хадуб нилъеда аскӏор ругезухъ. Чан вугев сабурго, инсанасул ракӏги бакъвазабичӏого, къваригӏел гьечӏеб калам гьабичӏого, гӏумру тӏамулев чи? Чамасул рекӏелъ ругел сахлъуларел ругънал? Чан чи вугев магӏаз къадада тарал картӏалгун гӏумру тӏамулев?"}
{"slug": "7333-pikrabaz-kveg-idal-kh-vala-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7333-pikrabaz-kveg-idal-kh-vala-asaral", "title": "Пикрабаз квегъидал, хъвала асарал", "date": "2020-02-27 13:49:44", "categories": ["kultur"], "text": "Адабият бокьулезда лъикӏго лъала шагӏир ва хъвадарухъан Париза Гереева. Хасго гьелъие машгьурлъи щвана «Къисмат» абураб роман хъван хадуб.\nПариза ккола Хубар росулъа. Чанго соналъ мугӏалимлъунги хӏалтӏун, гьелъ жиндирго гӏумру бухьинабуна журналистикаялда. Хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралъул «Къасисеб Гъизилюрт», республикаялъул «Хӏакъикъат» газетазул мухбирлъун, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул бетӏерай редакторлъун.\nГьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Хасавюрт шагьаралда авар мацӏалда бахъулеб «Насихӏат» газеталъул редакторлъун.\n— Париза, магӏарулазда мун лъала хъвадарухъан гурейги, шагӏир хӏисабалдаги. Сундаса байбихьараб творчествоялъулаб нух? Рукӏанищ хъизамалда, гӏагарлъиялда гьединаб гьунар бугел гӏадамал?\n— Дир эмен, мунагьал чураяв, вукӏана адабияталде рокьи бугев, живгоги гӏемер цӏалдолев ва хъвадарулев чи. Эбел гьелдаса дагьай рикӏкӏадегӏан чӏарай, хъизан-рукъалъе йижарай гӏадан йикӏана.\nЭмен вукӏана районалъул газеталъул штаталда гьечӏев мухбир. Гӏемерал макъалаби рахъа-на «Хӏакъикъат» газеталдаги. Щибаб лъагӏалил ахиралда гьев хасгьабун унаан почалде ва цо хутӏичӏого магӏарул мацӏалда рахъулел газеталгун журналал хъвалаан, гьоркьоб хӏарп биччачӏого цӏалулаан. Гьесда цадахъ лъугьун, нижеца – гьесул лъималазги тӏадчӏун цӏалулаан газет-журналалги, тӏахьалги.\nЩаялиго, живго чӏаго вукӏаго, къватӏире рахъичӏел, кутакалда магӏна гъваридал кучӏдул ратана нижеда гьесул хъвай-хъвагӏаязда гьоркьор. Гьел киналго дандеги гьарун, «Дир пикраби» абун цӏар кьураб гьитӏинабго тӏехь бахъана дица гьесул 2017 соналда.\nАбизе ккола гьесдаса ирсалъе щвараб бугин дие адабияталде рокьиги гьунарги.\n— Дурго тӏоцебесеб кечӏ ракӏалда батилагури.\n— Тӏоцебесеб кечӏги, сундул хӏакъалъулъ гьеб букӏарабалиги, узухъда, ракӏалда буго. Амма чан сон доб мехалда букӏарабали лъаларо. Лъала, дун йикӏана цӏакъго гьитӏинай яс, гьеб кечӏги цӏалана, эбелалда нахъаги яхчун.\nТӏоцебе районалъул «Коммунист» газеталда кечӏ бахъараб заманалда, дун цӏалулей йикӏана ункъабилеб классалда, республикаялъул «Багӏараб байрахъ» газета цӏалулезухъе дир кечӏ щвараб заманалда, цӏалулей йикӏана анлъабилеб классалда. Гьелдаса нахъе лъикӏаб гьудуллъиялда руго дунги газетал-журналалги.\n— Кин дуда кӏолеб батӏи-батӏиял сипатал церечӏезаризе?\n— Гьабсагӏат дица кьезе бугеб жавабалъ щибниги цӏияб ялъуни балъгояб жо рагьизе гьечӏо, кин бугониги, абила: шагӏирасулги хъвадарухъанасулги рекӏелъ пикрабазда цадахъ рижун рачӏуна сипатал. Цо-цо нухалъин абуни, цин сипатал чӏола цере, цинги рижула пикраби. Хадур гьел сверула рагӏабазде, рагӏабаз гӏуцӏула кечӏ, хабар…\n— Гьеб ишалде бугеб тӏей гьечӏеб рокьи дуца цадахъ босулеб буго 50-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ. Цо-цоккун, кӏи-кӏиккун творчествоялъул\nболъабиги нахъа толаго, ячӏана мун машгьурал хъвадарухъа-базул кьеразде гъорлъе, ва 2001 соналда къватӏибе бачӏана тӏоцебесеб «Дир хӏасраталъул цӏва» абураб кучӏдузул тӏехь. Кинаб къимат кьураб гьелъие Дагъистаналъул хъвадарухъабаз?\n— Рехсараб тӏехьалъул презентациялда, 2001 соналда, Казбек районалъул Дилималда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъарал: гьелъие цеберагӏи хъварав Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабдула Дагановас, журналистал Мухӏамад Махӏатӏовас, Хӏусен Хӏажиевас, шагӏир Мухӏамад Гӏисаевас (мунагьал чурун ратаги киназулго), шагӏир Мухӏамад Патахӏовас, гьединго корректорлъи гьабурай Тубхӏат Зургьаловалъ, Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовас ва цогидазги тӏехьалъе кьураб тӏадегӏанаб къимат дие букӏана цӏакъго кӏудияб шапакъатлъун. Дица гьеб къабул гьабуна аванс хӏисабалда, цоги рагӏудалъун абуни, дидаго тӏадаб борчлъун дица рикӏкӏана гьез абурал реццалъул рагӏабазе ритӏухъайлъун хутӏи.\n— Кучӏдуздаса харбилал асаразде юссиналъе гӏилла щиб ккараб?\n— Тӏубанго кучӏдуздаса харбазде, яги харбилал асараздаса кучӏдузде юссанин дунгоян абизе дида кӏоларо, щайгурелъул, иргадал цоцаца хисарал гӏадин, цин кучӏдузул, цинги харбидалъун хъвараб бугелъул гьанжелъизегӏан къватӏибе бачӏараб дир ункъабго тӏехь. Школалда цӏалулел соназ, ракӏалда буго, авар мацӏалъул дарсида рокъобе хъвазе кьураб сочинение дица цин кочӏодалъун цинги, гьедин бегьулареб батилин ккун, харбидалъун хъван букӏана. Гьелъухъ дие мугӏалимас кутакаб рецц-бакъги гьабуна.\nГьеле гьедин, цере-нахъе ккечӏого, кидаго цого кьерда руго дида цадахъ поэзияги прозаги.\n— Ракӏалда буго 2008 соналда Дилим росдал культураялъул\nкӏалгӏаялда дур «Къисмат» абураб романалда тӏасан гӏуцӏараб данделъи. Кӏалъазе рахъаралщиназ гьеб асаралъе кьолеб букӏана тӏадегӏанаб къиматги. Бокьилаан гьеб романалъул цо-цо образазе къимат кьуни. Ругищ гьел гӏадамал нилъеда сверухъ?\n— Щивав инсанасул гӏумру цо сундалъун бугониги цоцада релълъараб, гьебго заманалда тӏубанго цогидазулалдаса батӏияб букӏуна. «Къисмат» буго цо пуланал гӏадамазул къисматалъул хӏакъалъулъ бицун хъвараб роман. Гьеб цӏалун хадуб, гьереси бицинаро, анцӏила щугониги чи вачӏана дихъе, дуда жиндир гӏумруялъул лъица бицун букӏараб, дуда гьеб кин лъарабин цӏехезе. Гьезда гьоркьор гӏемерисел рукӏана тӏоцебесеб нухалъ дида рихьулел гӏадамалги. Бихьулищха, щивав чиясда гьенив вихьулев вуго живго.\nДица гьениб жидер хӏакъалъулъ бицен гьабулел Ахӏмадги Муслиматги гӏаламалда гьоркьор цо гурел, цо чанго рукӏиналъул бицунеб буго.\nКамулел рукӏинчӏо гьеб Париза Гереевалъ жиндирго хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь бугин абулелги. Биччанте гьедин букӏине. Дир тӏехьалъул аслиял бахӏарзал руго лъикӏал гӏадамал. Гӏумруялда жаниб живго гьединавлъун ватизе бокьуларев чи вукӏинин кколаро дида. Дирги батӏалъи щибха?"}
{"slug": "7341-opolchentsazul-siyakhi-ofitsialiyab-va", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7341-opolchentsazul-siyakhi-ofitsialiyab-va", "title": "Ополченцазул сияхӏ: официалияб ва…", "date": "2020-03-02 07:35:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул Халкъияб Собраниялъ хӏукуматалде битӏана 1999 соналда республикаялда ккараб рагъулъ гӏахьаллъарал ополченцазул официалияб сияхӏ.\nГьенив вихьизавун вуго 461 чи. Цереккун пачалихъиял шапакъатал ва лъукъа-къотӏи щварал гӏадамал ккола гьел. Хӏукуматалъ кватӏичӏого удостоверениялги кьун, моцӏи-моцӏие рагъул ветераназего гӏадаб гӏарац биччазе буго гьезиеги.\nПачалихъиял шапакъаталги лъукъа-къотӏиги щвечӏел ополченцалги руго. Гьезул сияхӏги хӏисабалде босизе бугин бицана Халкъияб Собраниялъул депутатазул данделъиялда.\nГьебго къоялъ, ай 21 февралалда, жалго ополченцалги данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялде.\nДагъистаналъул Ветераназул советалъул нухмалъулев Мухӏарам Гӏалижановас бицухъе, гъоркьиса 2 сентябралда гьез тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхӏалда гӏаммаб куцалда 12 азаралда 829 чи вукӏун вуго.\nЦинги, ополченцазе статус кьеялда бан РФялъул Пачалихъияб Думаялъ закон къабул гьабун хадуб, гьезул 28 азарго чи гӏун вуго.\nГьанжеялдаса хадубги жеги цӏикӏкӏине буго гьеб сияхӏ. Амма гьездехун гӏемерал суалал рижизе бегьулин абуна Гӏалижановас, щайгурелъул цо бакӏалда хъаравуллъуда чӏун яги квен гьабулел рукӏарал чагӏиги рихьизарулел ругила гьединаллъун.\n«Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалдаги тӏубараб улкаго бахъун букӏана фашистазда данде: цоял рукӏана кьалул майданалда, цогидал – тылалда. Амма гьел киналго гурелъулха ветераналлъун рикӏкӏарал. Гьединлъидал хасаб комиссиялъ ополченцазул сияхӏги цӏидасан гьоркьоб лъезе буго», — ян бицана Ветераназул советалъул нухмалъулес.\nХадубго ополченцазе насихӏаталги гьаруна гьес чара гьечӏого школлъималазулгун гара-чӏвариязде ва малъа-хъваял гьаризе ине ккелила нуж, гурони 27 январалда Махӏачхъалаялда ккараб гӏадаб «сурараб хӏужа» такрарлъизе бегьулила.\nГьеб къоялъ интернеталда тӏибитӏун букӏана Ленкомалъул ахикь Абадияб цӏадуда тӏадеги ккун, школлъималаз гӏанкӏудал бохдул режулелъуб бахъараб видео. Цо-кӏигояв жеги цӏадуда сверун кьурдулевги вугоан.\nГьеб данделъиялда рукӏана 1999 соналда чӏварал ополченцазул лъудбиги. Гьединай 40 чӏужугӏадан йиго республикаялда. Махӏачхъалаялда йиго гьединай лъабго чӏужугӏадан. Хӏабибула Къурбановасулги, Заирбег Жафаровасулги, Хӏажи Хӏусеновасулги лъудби ккола гьел.\nЖидер россал анин нилъее киназего гӏоло рухӏги кьун, амма цо-цо хӏакимзабаз ругищ-гьечӏищали цӏехезегицин цӏехечӏого, бокьараб ккагиян, рехун тун ругин жалилан бицана Хӏажи Хӏусеновасул хъизан Венераца. Гьелъул кӏалъаялъ асар гьабуна залалда данделъаразеги.\nВенераца бицана кӏиго ясгун жинца гӏумру гьабулеб бугила гӏарцухъ ккураб чияр рокъоб. 22 соналъ рукъ щвезе иргаялда чӏунги йигила. Гьелда гьоркьоса чанцӏулго Москваялдеги унаанила сакъатай яс сах гьайизелъун. Хӏукуматалъул рахъалдасан тӏири кумекги щвечӏила. Банкротги ккун, «Экспресс-банкалда» хутӏараб гӏарац нахъе щвезениги квербакъичӏила хӏукуматалъул вакилзабаз. Законалда рекъон кьезе кколеб 2500 гъурущгицин щолеб гьечӏо Венераеги ополченцазул цогидал лъудбузеги.\nГьенив вукӏарав Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏумархӏажи Гӏалиевас абуна, законал рахъулев чи хӏисабалда, жив кутакалда намуслъанин Венерадаса, гьединлъидал гьелъулги цогидал лъудбузулги суалал тӏуразе квербакъизелъун жинца гьел киналго парламенталде ахӏизе ругин."}
{"slug": "7346-magiarul-bolshevikal-ul-tiotsevesev-redaktor", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7346-magiarul-bolshevikal-ul-tiotsevesev-redaktor", "title": "«Магӏарул большевикалъул» тӏоцевесев редактор", "date": "2020-03-02 08:01:49", "categories": ["insan"], "text": "Нусго соналдаса цӏикӏкӏараб тарих бугеб нилъер миллияб газеталъе араб гӏасруялъул къоабилел-лъеберабилел соназда редакторлъи гьабуна гьунар бугел хъвадарухъабаз, гӏалимзабаз. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола жив гьавуралдаса исана 115 сон тӏубалев Лаваша районалъул Урма росулъа Ражаб Динмухӏамаевас, 120 сон тӏубалев Гумбет районалъул Аргъваниса Гӏабдулатӏип Шамхаловас, 145 сон тӏубалев Чӏарада районалъул Гьочоса Мухӏамадкъади Дибировас.\nЖакъасеб номералда нижеца бицунеб буго Р. Динмухӏамаевасул хӏакъалъулъ. Хадусел номеразда Гӏ. Шамхаловасул ва М.-Къ. Дибировасул хӏакъалъулъги хъвазе буго.\nРажаб Динмухӏамаев гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ. Захӏматаб букӏана гьесул лъимерлъи. Эмен росулъ чиги чӏван, апараглъун гӏурус ракьалде гочине ккола. Ункъо сон барав Ражабги инсуца цадахъ вачуна. Гьез гӏумру гьабуна Орелалда, Тулаялда, хадуб Петербургалда.\n14 сон барав васгун унти ккарав Динмухӏама росулъе тӏад вуссана анцӏго соналдасан. Кватӏичӏого гьев хола, гӏемер мех иналде унтула эбел. Ражаб къисматалъ вачуна партизаназул отрядалде. Дол рукӏана хӏуриятги бергьараб, Дагъистаналда граждан рагъги унеб заман. Гьитӏинав гӏолохъанчияс гӏахьаллъи гьабуна Совет власталъе гӏоло гьабулеб рагъулъ. Хадуб 15 сон барав Р. Динмухӏамаев ккола Буйнакскиялъул лъималазул рокъове, цинги магӏарул лъималазе рагьун букӏараб школа-интернаталде.\nЛъикӏго гӏурус мацӏги лъалев Ражабица лъугӏизабуна совпартшкола ва хӏалтӏулев вукӏана Хунзахъ районалъул комсомолорганизациялъул секретарьлъун. 1926 соналде щвезегӏан хӏалтӏана комсомолалда. Ражабил бажариги, гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунарги, лъайги бихьун, республикаялъул тӏадегӏанал идарабаз гьев витӏула Москваялде, Бакъбаккул захӏматчагӏазул коммунистияб университеталда цӏализе.\nКӏиго соналдаса гьебги лъугӏун тӏад вуссарав Ражаб хӏалтӏула партиялъулгун советиял идарабазда, Дагъиздаталъул начальниклъун, районалъул газеталъул редакторлъун. Журналистикаялъе гьунар бугев, хъвадарухъанлъиялъул махщел цӏикӏкӏарав Р. Динмухӏамаев 1931 соналъул 11 сентябралда бахъизе байбихьараб областалъул «Социализмаялъул байрахъ» абураб магӏарул газеталъул редакторлъун тасдикъ гьавула. Хадусеб заманалда обкомалъул хӏукмуялда рекъон, газета магӏаруллъиялде, захӏматчагӏазде гӏагар гьабиялъул мурадалда, редакция ва типография Болъихъе ба-хъана. Гьенивги «Социализмаялъул байрахъалъул» редакторлъун Ражаб Динмухӏамаев вукӏана.\n1934 соналда обкомпартиялъул хӏукмуялда рекъон, Махӏачхъалаялда авар мацӏалда «Магӏарул большевик» абураб цӏаралда республикаялъулаб газета биччазе хӏукму гьабидал, Р. Дин-мухӏамаев тӏамуна гьелъул редакторлъун. «Социализмаялъул байрахъ» газетаги лъугьана ВКП (б)ялъул Болъихъ райкомалъул органлъун.\n«Магӏарул большевикалъул» редакторлъун Динмухӏамаев хӏалтӏана 1934 соналъул 26 сентябралдаса (тӏоцебесеб номер биччараб къо) 1938 соналде щвезегӏан. Гьенийго хӏалтӏулей йикӏана Ражабил чӏужу Хӏабибатги. Кӏудияб хӏалтӏи гьабуна гьес редакция щула гьабиялъе, гьенире махщел бугел журналистал ракӏариялъе. Жибго «Магӏарул большевик» газетаги лъугьана халкъалъе бокьулеблъун, цӏикӏкӏана гьеб хъвалезул къадар, редакциялде рачӏунел кагътал. Цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабуна магӏарулал культура-лъаялде ахӏиялъе, болмацӏ роцӏинабиялъе, гьеб камил гьабиялъе.\nРедакторлъиялдаса гьев иналъе гӏилла ккана «Правда» газеталда гьесул асарал какун макъала бачӏин.\nАвар мацӏалда гӏадин, гӏурус мацӏалдаги хъвадаризе лъалаан гьесда. Ражаб Динмухӏамаев вукӏана Дагъистаналъул литератураялда\nпрозаялъе кьучӏ лъуразул цояв, аваразул адабияталдайин абуни тӏоцевесевлъун. 1929 соналда Дагъгизалъ къватӏибе биччана гьесул «Бидухъ би» абураб къиса, 1932 соналда авар адабияталда тӏоцебесб тарихиябгун революциялъулаб «Хъабчилъ бахӏарзал» абураб роман, «Галинал гьалбал» къиса ва гь. ц. Р. Динмухӏамаев ккола кинабниги анкьго тӏехьалъул автор. Хъвадарухъан, журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда Ражабил букӏана кӏудияб букӏинесеб. Гьесда гӏадин бацӏцӏадго гӏурус мацӏги лъалев, гьеб мацӏалда хъвадаризеги кӏолев, гӏагараб магӏарул мацӏги рагӏа-ракьанде щун лъалев чи аваразул интеллигенциялда гьоркьов дол соназда къанагӏатги вукӏинчӏо.\n1938 соналъул авалалда Ражаб Динмухӏамаев хӏалтӏудаса нахъе гьавуна. Гьелъие гӏиллалъунги бихьизабуна «Магӏарул большевик» газеталда «контрреволюциялъул отпечаткаби ва ошибкаби» риччай, «Хъабчилъ бахӏарзал» абураб тӏехьалъул «зарал» букӏин, халкъалъул тушман Самурский веццун цереккунго хъварал макъалаби, «Дагъистаналда буржуазиял националистазул тушманаб хӏалтӏи загьир гьабулеб «Известия» газеталъул статьяялъул факталги нахъе чӏвалаго кӏалъай гьабураб «писателазул» группаялъул собраниялъе бетӏерлъи гьаби ва гьел гурелги цогидалги кьучӏ гьечӏел гӏайибал. Тӏасан рачӏарал мацӏазул, гӏарзазул кьучӏалда гӏадамал жанир лъолел лъебералда анкьабилел, лъебералда микьабилел соназда гьесда тӏасан гьединал гӏарзал рачӏинги ургъизе тӏамулеб хӏужа буго. Гьеб батизе бегьула Динмухӏамаевасдехун хӏалхъубазул «хӏаракат». Лъаларо, хӏакъикъат кинаб букӏарабали. Жакъа мухӏканго лъалеб буго гьесде гӏунтӏизарурал гӏайибазул цонигияб битӏараб букӏинчӏолъи.\nР. Динмухӏамаев вукӏана тӏо-цебесеб тӏолгодагъистаналъулаб Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъунги. Делегат хӏисабалда гьес гӏахьаллъи гьабула 1934 соналъул 17 августалда Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгосоюзалъул хъвадарухъабазул тӏоцебесеб съездалдаги. Ражабги Цӏадаса Хӏамзатги рукӏана гьенир аваразул адабията-лъул хъвадарухъаби-делегатал. Гьебго соналдаса нахъе Динмухӏамаев вукӏана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъунги.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьун хадуб Тифлисалда офицерзабазул школаги лъугӏизабун, гьев 1943 соналъ рагъде уна. Украинаялъул фронталда гьев вукӏана батальоналъул комиссарлъун ва полкалъул агитаторлъун, букӏана капитанасул чинги.\n1944 соналъул апрелалда Украинаялъул Тернополь областалъул Заболотниково росдада гӏагарлъухъ кьалул майданалда гӏумруялдаса ватӏалъана Ражаб Динмухӏамаев. Гӏагараб Ватӏаналъе гӏоло, гьеб цӏунулаго кьуна гьес гӏумру.\nАбизе ккола, щаялиго Р. Дин-мухӏамаевги гьесул творчествоялъулаб ирсги кӏвар кьечӏого тун\nбугилан. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ Р. Динмухӏамаев гьавуралдаса 115 сон тӏубаялдегӏаги гьесул асарал данде гьарун тӏехь биччазе бегьилаан.\nНилъер гӏагараб миллияб газеталъул редакторлъун вукӏарав Р. Динмухӏамаев кӏодо гьавулев тадбиразда бажарараб гӏахьаллъи гьабизе буго «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги. Гьеб ишалдаса батӏатӏун чӏеларин ккола гьесул росуцоялги районалъул нухмалъулелги."}
{"slug": "7347-khialtie-vatsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7347-khialtie-vatsal", "title": "«Хӏалтӏе, вацал»", "date": "2020-03-02 08:14:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 февралалда Махӏачхъалаялда «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тӏобитӏана рагъулгун патриотизмалъул темаялда хъварал кучӏдуздаса данде гьабураб антологиялъул презентация. Гьелъие квербакъана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ.\nТӏехьалда цӏар лъун буго «Работайте, братья» абун (2017 соналъ такъсирчагӏаз чӏвалелде цебе полициялъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Нурбахӏандовас абурал рагӏаби). Гьелъул автор ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь Сергей Соколкин.\nАслияб къагӏидаялда Ватӏаналъе гӏоло рухӏ кьун гӏумруялдаса ратӏалъарал гӏолохъабазе сайгъат гьабун хъвараб бугин тӏехьилан бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас.\n«Советияб хӏукумат биххун хадуб чангиязул пикру букӏана гьанжесеб гӏел бахӏарчиял ишал гьаризе гӏураб тавакалги гьунарги жиделъ гьечӏеб бугин абураб. Амма 1999 соналъ Болъихъгун Цӏумада рукӏарал лъугьа-бахъиназда нилъер ракьцояз бихьизабуна гьеб пикру мекъаб букӏин», — ан абуна министрас.\nХадуб гьес рагӏи кьуна антология данде гьабурав Сергей Соколкиние.\n«Тӏоцебесеб нухалъ Дагъистаналде Хъахӏал Къункърабазул байрамалде вачӏарав дие кӏудияб асар гьабуна нужер гӏадамаз. Кутакалда гӏадан хириял, рагьараб ракӏалъул чагӏи ратана дида дагъистаниял. Гьединлъидал, Москваялде нахъвуссиндал, дир кӏудияб гъира бижана нужер хӏакъалъулъ Россиялъул гӏадамазе бицине. Чачаналъул рагъалъги терактазги ракӏгъанцӏизабун рукӏарал гӏурусазе Кавказалда батӏиял гӏадамалги ругилан бицине бокьун букӏана дие. Расул Хӏамзатовасулги, ралъдал тӏиналда фашисталгун вагъун Бахӏарчиясул Цӏва щварав Мухӏамад Хӏажиевасулги, гьанже заманалъул Бахӏарчи Мухӏамад Нурбахӏандовасулги Кавказ кинаб бугебали гьезда лъазабизе бокьун букӏана», — ян бицана хъвадарухъанас.\nГьелъул кьучӏалда гьес байбихьун буго чанго шагӏирасул асарал жанире ракӏарараб, ватӏан бокьиялъул темаялда хъварал кучӏдузул антология данде гьабизеги.\nТӏадежураялги гьарун, гьанже къватӏибе биччараб антологиялде ун руго Дагъистаналда, Крымалда, Сириялда ва Чачаналда ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хъвараб 1300 кечӏ. Масала, гьенир руго Расул Хӏамзатовасул, Марина Ахӏмадовалъул ва Россиялъул чанго регионалдаса шагӏирзабазул кучӏдул.\nПрезентациялда кӏалъазе рахъана М. Нурбахӏандовасул эмен Нурбахӏанд Нурбахӏандов, Гӏабдулманап Нурмухӏамадов, Карачаево-Черкесиялдаса поэт Мухӏамад Огъузов ва цогидалги."}
{"slug": "7348-c-ezdgi-gelda-sverukh-bakhisalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7348-c-ezdgi-gelda-sverukh-bakhisalgi", "title": "Съездги гьелда сверухъ бахӏсалги", "date": "2020-03-02 08:18:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ункъо магӏарулас хӏаракат бахъулеб буго исана Дагъистаналъул халкъазул съезд ахӏизе. Гьел ккола техникиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Чагучиев, «Дагестан Единый» абулеб жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Юсупбег Юсупов, политолог, Денга Халидов, Дагъистаналъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаев.\nГьезул цонигияс жеги чӏезабун гьечӏо съезд ахӏулеб къоги. Гьабсагӏаталда тӏадбан унеб буго гьелде хӏадурлъи.\nГьелда бан нижерги пикру ккана съезд ахӏизе ракӏалде ккарав щивав магӏаруласул пикру цӏехезе. Къимат нужецаго кье.\nЮсупбег Юсупов:\n— Съезд гьабилищ-гьабиларищали чӏванкъотӏун нижеца дандбазе буго марталъул байбихьуда тӏобитӏизесеб «Дагестан Единый» гӏуцӏиялъул советалъул данделъиялда.\nАмма гьелде щвезегӏан нижеца хӏалбихьана жидеца гьеб съезд гьабизе бугин лъазабурал чагӏи данде гьаризе (Чагучиев, Хадулаев, Халидов). Дун батӏа-батӏаго кӏалъазеги кӏалъана гьезул щивавгун. Гьединго чанцӏулго нижер гӏуцӏиялъул офисалде ракӏарарал рагӏи билълъарал гӏадамазги абуна съезд хӏажат бугилан.\nАмма, хас гьабун ахӏун рукӏаниги, Халидовги Чагучиевги гьел данделъабазда гӏахьаллъичӏо. Чагучиевас ритӏун рачӏана жиндирго вакилзаби – Мухӏамад Шамиловги Гӏалисултан Гъазимухӏамадовги. Гьез рикӏкӏунеб буго съезд щивас жинцаго тӏобитӏизе кколилан. Гьеб мехалда дица абуна гьаб бакӏалдацин цолъизе бажаруларел чагӏи Дагъистаналъул халкъал цолъизаризе кинин рахъунел, нужеда хадуб халкъ бахъинилан кколебищин нужедаян. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ информация нижеца къватӏибе кьезе байбихьила гӏицӏго дица абулеб данделъиялдаса хадуб. Амма щибаб нухалда нижер офисалда тӏоритӏулел данделъабаздаса, бакӏалги щвечӏого, нахъецин уна гӏадамал. Гьел унго-унголъунги ракӏалда бугеб жо бицине урхъун, гьединал бакӏазде рачӏине къваригӏун рукӏин бихьулеб буго.\nДир хӏисабалда, гӏагараб заманалда нилъеца тӏобитӏизе ккола форум батаниги, конференция батаниги – цӏар бокьараб лъе. Щибаб районалдаса, шагьаралдаса вакилзабиги ахӏун, гьединаб мажлис гьабизе хӏукму ккана нижер. Съездалдаго бащадаб тадбир букӏина гьеб. Гьенир рорхила съездалдаго гӏадал суалал – рищиязде хӏадурлъи, республикаялда лъугьун бугеб экономикияб ахӏвал-хӏал, гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезари, гьезие щолеб букӏараб хайир мукъсанлъи ва цогидаб. Республикаялъул киналго гӏузраби лъала нижеда. Гьел кин лъугӏизаризе бегьулелали лъалел эксперталги руго нижеда гъорлъ.\nГьеб киналъулго гьабураб анализ буго дихъ. Жакъа-метер республикаялъул тӏалъиялде битӏила, доба гьеб гӏадахъ босулищали бихьизе. Босичӏони, кӏудияб данделъиги гьабун, халкъалда цебе бахъилаха.\nШамил Хадулаев:\n— Киназдаго ракӏалда батила 2010 соналда тӏобитӏараб Дагъистаналъул халкъазул съезд. Гьенир щал рукӏарал? Президиумалда кьерухъе гӏодор чӏарал чагӏи аслияб куцалда Хъахӏаб рокъоса хӏакимзаби рукӏана. Уйилан ккезе цо жамгӏиял хӏаракатчагӏиги рукӏана аскӏорго чӏезарун.\nГьедин дандекколаро. Халкъалъул съезд батани, гьенир рукӏине ккола халкъалда гьоркьоса гӏадамал. Нужеца абизе бегьила хӏакимзаби халкъалъул чагӏи гурищилан? Хӏакимзаби руго хӏакимзаби, халкъалда жанир ругел гӏадамал батӏиял руго.\nГьединлъидал нижее бокьун буго халкъияб съезд гьабизе, гьоркьор хӏакимзабиги ругеб. Ниж тӏалъигун рагъизе къачӏарал чагӏи гуро. Нижер мурад буго халкъалъул гӏузраби гьезда ричӏчӏизари.\nКоммерциялъул гурел жамгӏиял гӏуцӏабазул Координациялъул советалъул нухмалъулев хӏисабалда дун гӏемер ккола республикаялъул хӏукуматалъул минаялъуве, гьезда халкъалъул бугеб унти бицине. Амма цо-цо мехалда гьезул щаклъи бижулеб буго дидехун, дицаго ургъун бицунеб жо батилилан.\nГьел божулел гьечӏелъул, риччай съездалде рачӏине, гьениб гьезда рагӏила халкъалъ жидецаго гьел гӏузрабазул бицунеб. Тӏалъиги халкъги цоцада рагӏизе гьабулеб съезд буго нижеца гьеб.\nГьелъие хӏадурлъи гьабулев ункъо чи вуго нижер. Гӏицӏго цо гьитӏинаб гӏунгутӏи буго гьениб – Шамиловасул позиция бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо. Нижеда цадахъги вукӏуна, суалалги дандрала, аскӏоса ун хадув хиса-сверизабун бицун батула гьес Чагучиевасда. Хутӏараб кинабго бегьулеб къагӏидаялъ бугилан абизе бегьула. Киназулго пикрабиги цоцада дандекколел руго. Денга Халидовги гӏемерисеб жоялда разилъулев вуго, амма гьес абулеб буго гьенире аслияб куцалда экспертал ракӏаризе кколин — экономисталги, политологалги…\nДица абулеб буго гьенир, тӏоцебесеб иргаялда, рукӏине кколин щибаб мухъалъул вакилзаби, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, чӏагояб пикруялъул гӏадамал. Хадуб ахӏизе бегьула Денгаца бицунел экспертазул къокъа. Дир пикруялъул рахъкколеб буго Юсупбег Юсуповасги.\nРакӏалде ккола Денга Халидовги нижеда хадув вилълъинилан. Гурони щивас батӏаги кӏанцӏун, съездал гьаризе лъугьани, щиб кколеб? Съезд букӏине ккола гӏаммаб.\n— Нуж хӏукуматалъ ургъунго тӏамун ругин Чагучиевасда дандеян бицунеб рагӏана.\n— Гьел руго гӏадамаз ургъун рахъарал харбал. Дун дандчӏвана ДРялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановгун. Цо рагӏицин абичӏо гьес гьелъул хӏакъалъулъ. Хӏукуматалъул минаялъув лъица дида абулеб гьасдаги досдаги данде вахъайилан? Цо гӏадамас абуларо. Дир диего гӏураб гӏакълуги лъайги буго.\nДенга Халидов:\n— Гъоркьиса риидал чачаназулгун гӏорхъода ахӏвал-хӏал хӏалуциндал, данделъун рукӏана ниж. Гьеб мехалда пикру ккун букӏана съезд гьабизе.\nЦинги хаслихъе данделъана жеги кӏудияб къадаралда – Жамгӏияб палатаялъул вакилзабиги рагӏи билълъарал гӏадамалги рукӏана. Хӏукму ккана халкъалъул гьариялда рекъон, съезд тӏобитӏизе квербакъеян ДРялъул нухмалъиялде хитӏаб гьабизе. Нижеца гьениб кӏвар буссинабуна Дагъистаналда тӏоцебе гьединаб съезд гьабуралдаса нусго сон тӏубалеб букӏиналде, гьединго хъвана пачалихъалъ оргкомитетги гӏуцӏизе ккелин, нижерго рахъалдаса нижецаги гьелъие кӏвараб хӏалтӏи гьабулеб бугилан. Хадубккун цӏех-рех гьабидал, гьеб кагъат жанисеб политикаялъул отделалде битӏун батана. Амма гьединал суалал отделалъул начальникас гурел, тӏадехун ругел идарабаз тӏуразе кколаха.\nЦӏакъго хӏажалъи ккедал тӏоритӏула гьединал съездалги. Масала, Дагъистаналда кӏиабилеб съезд тӏобитӏана 1992 соналъул хаслихъе. Хӏалуцараб мех букӏана гьеб. Авартеатралде ракӏарарал батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабаз къабул гьабуна Дагъистаналъул Конституциялъул проекталъул концепцияги. Гьеб букӏана щибаб миллаталъул чагӏиги тӏад хӏалтӏараб, жиндаса ДРялъул Конституция хъвазе бегьулеб, хӏадурараб материал. Кӏиго анкьидасан тӏалъиялъги ахӏана жидерго съезд.\nЛъабабилеб съезд тӏобитӏулеб заманги (2010 соналъул декабрь) букӏана хӏалуцараб мех – терроризмалъул хӏинкъи цӏикӏкӏараб.\nГьанже съезд гьабизе бокьи дир, Чагучиевасул, яги Юсуповасулгун Хадулаевасул анищ гуро. Халкъалъ абулеб буго гьеб гьабеян. Съезд гьабула законалда рекъон. Гьединаб съездалде ахӏизе ккола республикаялъул нухмалъулелги гражданлъиялъул позиция бугел гӏадамалги.\nХалкъалда цере рахъиналде нижехъ рукӏине ккола жанир малъа-хъваялги программаги бугел брошюраби (Дагъистаналъул стратегия бихьизабураб, мугӏрузулаб экономика кин цебетӏезабизе кколебали бицараб). Амма дида ккола нилъер жамгӏиял церехъаби гӏедегӏулел ругин съезд тӏобитӏизе. Халкъалда кӏалъазе ккани, цин программа бихьизабизе ккеларищ?\nЦо-цояз гьеб данде кколеб буго «космический съездалда» (Москваялда, депутат Хӏажимурад Гӏумаровас «Космос» гостиницаялда гьабураб съезд – авт.). Гьеб букӏана оппозициялъул данделъи. Амма критика гьабураб гӏоларо, гьелда данде лъезе малъа-хъвайги букӏине ккола.\n— Юсупбегицаги Шамилицаги абухъе, нужер рагӏи дандеккун батани, цолъизеги цолъун, нуж цо гӏаммаб съезд гьабиялде рачӏун ругищ?\n— Кинаб съезд? Цонигиясда кӏоларо гьеб гьабизе. Ниж киналго цолъанигицин кӏоларо. Цин власталда бичӏчӏизабизе ккола гьел гьенире рачӏине кколеблъи, гьединго баян гьабизе ккола съезд ахӏулел чагӏаз щиб бицине бугебали. Гурони, масала босани, цохӏо нижер къокъаялъул бажари гӏоларо гьебщинаб жо тӏаде босизе. Нижер аналитикияб къокъаялда кӏвела 200 чи вакӏарараб гӏелмияб форум тӏобитӏизе. Амма тӏолго Дагъистаналъул халкъазул съездилан дица гьелда абиларо.\nГӏагарлъиялда жаниб къварилъиги ккун, Мухӏамад Чагучиевасулгун бухьен гьабизе бажаричӏо. Гьединлъидал гьесие гӏоло рагӏи кьолеб буго Чагучиевасул пикруцояв Мухӏамад Шамиловасе:\n— Жакъа Дагъистаналда лъугьун бугеб хӏалги цогидабги рукӏалиде бачӏинабизе ракӏалде ккун буго дидаги Чагучиевасдаги. Дагъистан инсанасул ихтиярал цӏунулеб бакӏлъун лъугьинабизе республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасе кумек гьабилин лъазабуна Чагучиевас. Гьелъие гӏоло цин хӏакимзабазул кьерал рацӏцӏад гьаризе кколин рикӏкӏуна Мухӏамадица.\nГьеб гуребги, Чагучиев вуго гӏалимчи. Экономикаялда ва социалиябгун политикияб гӏумруялда хурхун гьабсагӏаталда халкъалда бицине бегьулебги бегьуларебги информация буго гьесухъ. Гьелда рекъон гьабизе кколеб хӏалтӏул рахъалъ лъайги буго. Таманаб мех буго улкаялдаго машгьурал гӏалимзабазул кумекалдалъун гьес гьанир батӏи-батӏиял цӏех-рехал тӏоритӏулел ругелдаса. Чагучиевас гьеб кинабго къватӏибе кьвагьулеб гьечӏелъулха. Заман щвезегӏан тун буго тӏаде ваккизе.\nЦогидаз щиб гьабулеб бугеб? Харбал рицин гурони, потенциал абулеб жо дида гьезулъ бихьулеб гьечӏо.\n— Юсуповасги Хадулаевасги абулеб буго Халидовасулгунги рагӏи дандеккун бугила жидер, амма Чагучиев кинго аскӏове гӏагар гьавизе кӏолев гьечӏила. Гьез абухъе, ункъалгоги цолъун цо съезд щай тӏобитӏулареб?\n— Кӏиябго нухалда дун ана гьезул данделъиялде? Дица гьезда абуна гьеб съезд гьабичӏого букӏине Чагучиевасда данде тӏамурал гӏадамал ругин нужилан. Гьадингоги лъалеб жо гьечӏищха гьеб? Ракӏалда бугеб жо хӏинкъичӏого абулеб бугелъул гьес. Лъаялъулги бажариялъулги рахъалъ Чагучиевасдаса бергьарав чи вихьизаве, валлагь, живго гьевги тун, жакъаго ина дун гьединав чиясул рахъалде.\nЧагучиевасул съездалда данде гьабулеб жо батичӏони, цин ноябралда тӏобитӏизе ракӏалда букӏараб съезд, масала, Денга Халидовас щайха цебе бахъулеб бугеб?"}
{"slug": "7350-vatsgi-tushmangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7350-vatsgi-tushmangi", "title": "Вацги тушманги", "date": "2020-03-02 10:13:55", "categories": ["bakikos"], "text": "Дица суал кьуна, ссун иналдего,\nСардилъ зобалазда гьалъал цӏвабзазе:\nЗаман гӏемер барал, нугӏзал ругин нуж,\nБице, гьаб ракьалда рокьуй квалквал щиб?\nЩай къасд бергьаразул, къисмат бигъулеб,\nБалай кканщиназда, квешлъи дандчӏвалеб?\nЧӏегӏерал сардазе берцинлъи кьолел,\nКье, гьарула, жаваб жакъа нужеца.\nНижей дунялалда, дагӏба-рагъалъе,\nГъаримал лагъзазе, багьана кинаб?\nКвешлъиги балагьги, бокьила лъазе,\nВижаравщинасе, унго, сундаса.\nСсун, баккун паркъана, бихьана цо цӏва,\nДир гӏинда рагӏана хӏикматаб калам.\nКвалквал рокьиялъе, ракьалда нужей\nНужго гурел гьечӏо, гьеб бичӏчӏуларищ?\nБачӏанщинаб къоялъ, къор цоцай гъолел,\nНужер гӏамалазул, огь, гӏажаиблъи!\nГӏужда чӏор щварасе, жахӏда – хӏусудалъ,\nХӏалихьатал гвендал даим рухъулел.\nДунялалда тушман, нужее гьечӏо,\nНужго гуронани, рижун батӏиял.\nБагьанагун гӏилла нужер рагъазе –\nРакьалъул магӏишат ва гьелде рокьи.\nКьогӏал къисматалги къасд бергьаразул,\nКъадарлъи, ракӏ хъублъи гьудуллъиялъул!\nГьезул рокьиялъул кьер берцинаб тӏегь,\nКьолболъа бахъула гӏага-божараз.\nРижараб ракьалда бекьулеб квешлъи,\nКвал квалалъе гӏола азарго соналъ,\nАмма лъикӏлъиялъул лъунани цо мугь,\nГьеб гӏасрабазего гӏола нужее.\nЖив-жив чи тӏегь вуго тӏабигӏаталда,\nТӏадегӏанас кьурав, ракь гвангъиялъе.\nРакьалда кинабго квешаб – лъикӏалъул\nБищизе эркенлъи кодоб щивасул.\nЩай нуж кантӏуларел, киналго цадахъ,\nДаималъ рукӏине рижун гьечӏелъул,\nГьоболлъухъ рещтӏараб дуниялалда\nДагӏба-рагӏиялъе заманги батун.\nЗоб-ракьалда гьоркьор гьечӏо батӏиял,\nТӏагьаясе нужгӏан рижи хириял,\nХаликъасго тӏаса рищарал нужей,\nЖаниб питнаялъе лъаларо гӏилла.\nГӏибадат гьабуни Бетӏергьанасе,\nГьесий гӏоло цоцай нуж хиралъани,\nЛъаларо нужеда, божа, гӏумрудулъ,\nРохараб гурони, пашманаб заман.\nЗодихъ цӏвабзаздаса, цӏоб гӏатӏидасе,\nГӏибадат гьабулев лагъго хирияв,\nХасаб гурхӏел-рахӏму рокьулел нужей,\nНужго кантӏанани, кибго батулеб.\nТамаша, гӏаламат, гӏунана дир черх,\nГӏундузда рагӏараб сасалъ вухӏана.\nХӏисаб гьабунани, гьаб гӏумруялда,\nГӏадан гӏадамасе – вацги тушманги!"}
{"slug": "7351-kiigo-kherav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7351-kiigo-kherav", "title": "Кӏиго херав", "date": "2020-03-02 10:19:35", "categories": ["bakikos"], "text": "Дун кӏиго херасухъе кӏалъа-басазе щвана,\nХадуб – цебе гӏадинан ккана гьезухъе инги.\nКӏиялго гьел хабалъе «бох бортарал» чи ккола,\nБартиял гӏадин жалго жеги тун рукӏаниги…\nЧорхол жанги жигарги жиделъ нахъе кканиги,\nНахъойги гӏолохъанлъи бачӏинеб гӏадин руго,\nРекӏелъ бахӏарлъиги ккун, махӏаби чучлъаниги,\nЧанагъдизе къасд лъураб къагӏида эзул буго…\nЦояв херав ватана, тамахаб диваналда,\nЦояб хъатикь пандургун, цоялъуб планшетгун,\nБокьани хъван ахӏизе хӏадураб къагӏидалда,\nКъваригӏани интернет тиризе санагӏатгун.\nСагӏатгӏанаб мех бана херасда аскӏоб дица,\nБицана гӏадамазул, гӏумрудул, сахлъиялъул,\nСоназул, лъималазул, гьезулги лъималазул,\nХӏажалъана рокьиги «кьалги» ракӏалде щвезе.\nГьеб заманалъ лъачӏого тӏаде рачӏана чагӏи,\nТӏаде ралагьунго гьел рукӏана муъминзаби…\nМа дуе, дов херасул хисун ккана суратги,\nХабар-каламалъулги лъугьана тӏубан гьетӏи.\nГьес аскӏобго лъун батун, такъия къазабуна,\nГъоркьехун кверги бегьун, назмабазул тӏехь щвана,\nЩибали хабар чӏамун, чӏумал кодор росана,\nСуждаялда гӏадинаб гӏодовчӏейги гьабуна…\nГӏажаиблъизе ккараб жоги гьениб букӏинчӏо,\nГьабизе лъала дунял дов приятеласда,\nРасги ургъел гьечӏого хисула, сверун уна…\nСоназдай эб малъараб, эдинавдай вукӏарав?\nКӏиабилев херасул хасиятго батӏияб,\nХарбида политика кутакалда хирияв,\nУлкаялъул пикрабалъ квенги цӏорозе толев,\nДунялалъул ургъелаз аваданлъиги чӏвалев.\nЛъадул, лъималазул иш эзго тӏубазе толев,\nТӏадегӏанасе какал ракӏалда ккедал ралев.\nРакӏалда жоги чӏолев, кӏалалъ бицине лъалев,\nКӏалъазе виччанани бетӏер унтизабулев…\nУнтаби – ургъелазул агъазго гьабуларев,\nГьоркьоб сурахӏи камун квенги цебе лъоларев\nЦо бицараб рагӏуе кивго хилиплъуларев\nХиянатав чиясе саламгун квер кьоларев…\n***\nГьаб дир данде кквеялъе кинаб мораль рекъелеб,\nРедакциялъ къимат кье яги къватӏибе биччай,\nКъойил гӏемер батӏиял данде чӏвалел гӏадамал –\nГӏаламат кинаб кколеб, лъалес абизе биччай…"}
{"slug": "7352-l-adi-mukiur-gajize-bokani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7352-l-adi-mukiur-gajize-bokani", "title": "Лъади мукӏур гьайизе бокьани…", "date": "2020-03-02 10:27:09", "categories": ["bakikos"], "text": "Дурилалин абула гьидерица хӏалтӏулъ ретӏулел хварал хьитазда.\nГӏиси-бикъинаб дараналда базаралда йикӏуней дирго лъадухъе щварав дида ячӏинахъего гьей лъачӏо. Кӏалалъул лъугьун бугоан, гьалъаб тӏадехун рехсараб, дурил гӏадаб, гӏажаибго коцокъаб жо, бералги магӏил цӏун ругоан.\n— Щиб лъугьараб, хирияй? Лъица дур кӏал чӏвараб, вихьизаве дида гьев чи, — ян хӏалуцун лъугьана дун.\n— Чагӏаз гьабураб жо гуро гьаб, — илан щакърахана лъади, — дица босараб лимонадалъул шишаялда жаниб букӏун буго гӏалхул на. Гьелъ щвезабуна дур хирияй лъадуде цо лъикӏаб удар. Дару гьабе, Хӏусен, хӏехьезе кӏолеб гьечӏин.\n— Даруни дуе тохтурас гьабилин, на кибе араб?\n— Доле доб «Византия» абун тӏад хъвраб ашбазалдехун боржун ана.\nДун, гурун гъуждулгун, кӏудияб гъазаваталде унев гӏадин, лъадуца бихьизабураб направлениялдехун векерун ине лъугьана.\nЖий сабаблъун цо кӏудияб кьал ккезе гурилан хӏинкъараб къагӏида, хадуйго гьейги ягъарана. Битӏун ашбазалъул кӏалтӏа кквезе щвана.\n— Дуца киб цӏехолеб эб тушман, цебего ун батиларищ унелъубе. Рилълъа гӏадада дурго заманги здоровьеги хвезабичӏого рокъоре, — ян гьардезе жуяна гьей.\n– Нет, — илан тӏирун чӏана дун.- Рес гьечӏо гьеб цӏехечӏого.\nГьеб батичӏони, гьелъул бацниги щвезе батилагури. Дица гьеб рокъобеги бачун хьихьизе буго. Мун ахӏдезе, семизе лъугьарабго, гьеб дурил гӏадаб кӏалалда хӏанчӏизе рехизе. Гьелъ гурони дур кӏал чӏезабичӏо. Дур хӏалчӏахъаяб на, гьеб гьунар дуца цебего гьабун букӏарабани, гьадигӏан хехго хъахӏлъилароан дир бетӏер, – илан мекъдаризе жувана дун.\n— Дун тӏокӏай киданиги дуда данде кӏалъазе гьечӏо. А, хӏурматияв, рокъове, — йилан щурулеб букӏана лъадул кӏалалда релълъараб жоялъ.\nДун рокъове вилълъана. Гьелдаса нахъе рекӏее кӏудияб парахалъи ккана. Рокъобги рекъелги полни покойги рещтӏана. Цо-цо кӏочон ккун, жиндирабго гьабизе лъади лъугьарайго, дица найил сураталде килищ битӏула. Гьей пуланалъул калам къотӏула.\nБахьикъосарал лъудби къавулъ ругел россазе къиматаб советги кьолеб буго дица. Яги найил тӏулби росе, гьудулзаби, яги наязул суратазул выставка гьабе рокъоб."}
{"slug": "7354-bakhik-osalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7354-bakhik-osalde", "title": "Бахьикъосалде", "date": "2020-03-02 10:33:28", "categories": ["bakikos"], "text": "Цӏакъ кватӏараб барки\n«Бахьикъос», баркула дуда цӏияб сон,\nЦӏияб гӏасруялъул къоабилеб сон,\nБаркула кинабго автораталда\nОсобо удаман – Андийскиясда.\n«Бахьикъос», гьарула гьел дур гьурмазе\nГьимиги, юморги, аваданлъиги.\nАваристаналда цӏар машгьурлъараб\nЦӏияб гӏасруялъул газет дур лъугьин."}
{"slug": "7353-k-anagiatab-gunaral-ul-razvedchik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7353-k-anagiatab-gunaral-ul-razvedchik", "title": "Къанагӏатаб гьунаралъул разведчик", "date": "2020-03-02 10:33:58", "categories": ["insan"], "text": "Хунзахъа Гӏабдулхаликъ Хӏажиев ракӏалде щвезавуна Москваялда ва Каспийскиялда\n21-22 февралалда Москваялда ва Каспийскиялда ракӏалде щвезавуна машгьурав разведчик ва дипломат Гӏабдулхаликъ Хӏажиев. 23 февралалъул байрамалде дандеккезабун гьеб кӏиябго тадбир тӏобитӏизе квербакъана гьесул вас Хӏажимурад Хӏажиевас ва гьесул гӏагарлъиялъ.\nГӏабдулхаликъ Хӏажиевасул хӏакъалъулъ аслияб куцалда гӏадамазда лъана гьес жиндирго хӏакъалъулъ «Честь имею» абун хъвараб тӏехь къватӏибе бачӏун хадуб.\nДГУялъул историялъул факультетги лъугӏизабун, гьенивго аспирантураялда цӏалулев вукӏарав гьев ракӏалдаго гьечӏого ккола КГБялде.\n1970-абилел соназда СШАялда ва 1980-абилел соназда Ливаналда дипломатлъун, разведчиклъун батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏана. 1986 соналда вукӏана КГБялда Америкаялъулаб мухъалъул нухмалъулевлъун. 25 сон разведкаялъеги кьун, пенсиялде ана полковникасул чиналда.\nГӏабдулхаликъ ракӏалде щвезавураб данделъи Каспийскиялда тӏобитӏана Серго Орджоникидзел цӏаралда бугеб машиностроениялъулгун сервисалъул училищеялда. Гьелъие квербакъана гьенивго мугӏалимлъун хӏалтӏулев Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул гӏагарав чи Шамил Гьитӏиновас.\nЖиндие бокьун букӏанин гьеб данделъи 20 декабралда, чекистазул къо кӏодо гьабулеб мехалъ, тӏобитӏизеян бицана гьес, амма доб мехалъ гьелъие рес рекъечӏила.\n«Хадуб лъугьине рес бугеб цебеккунго лъалаан»\nШамилица, гьесул хӏакъалъулъ бицунаго, абуна жинда гьев ракӏалда вугин кидаго берцинго ретӏа-къарав, цо вихьаравго рекӏелъ восулев чилъун.\n«Тӏоцеве дида гьев вихьана 1986 соналда. Доб букӏана нижер хъизан тӏоцебе шагьаралде бахъараб сон. Гӏабдулхаликъил чагӏи гӏумру гьабун рукӏана Махӏачхъалаялда, Николаевасул къотӏнор. Дида тӏоцебесеб нухалда гьезул рокъоб бихьана видеомагнитофон. Доб заманалда дун гӏадал лъималазе, хӏатта чӏахӏиязецин гьеб цо макьу гӏадаб жо букӏана. Гьединго ракӏалда руго гьес Ливаналдаса росун рачӏарал, гӏажаибаб тӏагӏамалъул сакъсалги. Гьеб киналъго дие доб мехалъ асар гьабичӏого хутӏичӏо.\nГьанже, сонал ун хадуб, дица хӏисаб гьабуна букӏинеселда лъугьине бегьулел цо-цо жал рекӏеда хъвалел рукӏун ругин гьесдаян. Дида ракӏалда буго, Хунзахъе вачӏиндал, цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазулгун хабар-кӏалалда вукӏаго, гьес абулаан магӏарухъ бугеб иццул лъим шушбузухъеги тӏун бичулеб къагӏида ургъани, лъикӏаб букӏинилан. Доб мехалъ гьеб лъицаниги къабул гьабун букӏинчӏо. Амма гьанже балагье, гьес абухъе ккараб куц. Бичулеб буго гури гьанже гьединаб лъим», — илан абуна Шамилица.\nХӏакъикъаталда гьединаб пикру загьир гьабулеб буго гьес жиндирго тӏехьалдаги: Ливаналда хӏалтӏулел соназ щибаб нухалъ гьезул «Наас» абураб лъел шиша кодобе босанщинахъе жинда кколаанила кигӏан лъикӏдай букӏинаан мугӏрул иццазул лъим шушбузухъеги тӏун, шагьаралда бичизе байбихьани. Доб мехалъго Москваялдаги цогидал шагьараздаги лъим къо бахъанагӏан чороклъулеб букӏиналъ тӏамун вуго гьев гьединаб пикру гьабизе.\nРазведчикасул захӏматаб сухъмахъ\n22 февралалда Москваялда тӏобитӏараб тадбиралдеги гӏемерав чи вачӏун вукӏанилан бицана Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул вас Хӏажимурадица. Гьев ккола Россиялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул вакиллъиялъул Жамгӏияб Советалъул нухмалъулев. Гьеб къоялъ Гӏабдулхаликъ ракӏалде щвезавун вуго гьесул божарал гьудул-гьалмагъзабаз, разведчиказ, Москваялда ругел нилъер ракьцояз, гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъ.\nИнсул хӏакъалъулъ гьез абурал рагӏабаз рекӏее гьабураб асар киданиги кӏоченарилан бицана Хӏажимурадица, хӏатта магӏу кӏанцӏизабурал лахӏзаталцин кканила.\n«Гьединаб тадбир тӏобитӏун лъикӏилан абулеб букӏана дида чанго соналъ цебего инсул гьудулзабаз, гьезул цо-цоял жакъа чӏаго гьечӏо. Амма дица разилъи кьолеб букӏинчӏо гьелъие: инсуе бокьулароан цӏар-рецц.\nКин бугониги, Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялдаса жамгӏиял хӏаракатчагӏаз цӏакъ тӏад чӏун тӏалаб гьабуна гьанже гьединаб тадбир тӏобитӏи.\n«Инсул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеязулъ цӏакъ гӏемераб жо бицине бегьула. Лъимерлъудасаго байбихьун, бигьаяб гуреб къисмат букӏана гьесул. Эмен рагъдаса вуссинчӏо, хӏехьезе ккана квачӏакълъи, чанги вакъана, чанги цӏорона. Хадуб жинцагоги тӏаса бищана бигьаяб гуреб гӏумруялъул нух. Гӏолохъанго хӏалтӏизе ккана разведчикасе бищун захӏматал пачалихъазул цояб – СШАялда.\nАмма халатккун гьенив вукӏине рес рекъечӏо гьесул, Америкаялда гьев лъазавуна персона нон-граталъун (къабулав гурев чилъун). Гьединаб цӏар щвани, чи чияр пачалихъалдаса къватӏиве витӏула ва тӏокӏалъ киданиги гьениве ине нух къала. Узухъда, гьеб букӏана инсул махщалил хӏаракатчилъиялъул хӏасил. Хадуб букӏана Бейрут, гьенивги хӏалтӏизе ккана рагъул гъугъаялда гъоркь», — илан бицана Хӏажимурадица.\nГӏабдулхаликъие щварал шапакъатазда гьоркьоб буго Пачалихъалъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул хъулухъалъул хӏурматияв хӏалтӏухъан абураб меседил гӏаламат. Разведчикасе гьеб цӏакъго къиматаб шапакъат ккола, Бахӏарчиясул Цӏваялъул гӏадаб гьечӏониги, гьелдаса къураб даража букӏунаро гьелъул.\nХадубго Хӏажимурадица ракӏалде щвезабуна пенсиялде ун хадуб инсул букӏараб гӏумруги. Цӏакъ бокьулаанила гьесие гӏагараб ватӏаналде вачӏине, бакӏ-бакӏалда тира-сверизе. Дагъистаналда гьес хӏетӏе чӏечӏеб бакӏцин хутӏанадайилан кколила жинда мех-мехалъ.\n«Инсул гӏамал букӏана жиндирго бугеб жо ахириселде гӏунтӏунцин чияе кьолеб. Гьесда тӏад букӏунаан лъикӏаб багьаялъул ретӏел-хьит, амма лъида бугониги берцин бихьани, тӏаса бахъун гьеб кьезеги хӏадур вукӏунаан. Гьеб сабаблъун эбелги чанги гаргадулаан гьесде. Амма гьесул кидаго цо жаваб букӏунаан — инкар гьабизе кӏоларин абураб.\nГьединавлъун хутӏана гьев гӏумруялъул ахириял къоязде щвезегӏанги. 70 сонил ригьалъул гӏумру кьун букӏун буго инсуе. Нижедаго гьев дунялалдаса хехго анилан кканиги, жиндие гӏемерал сонал кьун рукӏун ругин Аллагьасилан абулаан гьес. Чанги жиндир божарал гьудул-гьалмагъзаби анила ракьалдаса, жив жеги анив вугила», — гьедин ракӏалде щвезавуна Хӏажимурадица эмен.\nДиналдехунги инсул лъикӏаб бербалагьи букӏанилан бицана Хӏажимурадица хадубги. Гьев ракӏ ракӏалъго божулаанин Аллагьасда. Тӏадегӏанасдехун бугеб божи жиндир рекӏелъа киданиги инчӏин хъван буго гьес тӏехьалдаги, Аллгьас цӏунанин жив чанги балагьалда цеве. Ливаналда хӏалтӏулел соназда гранатометалъ рехун бачӏараб кӏудияб гулла, гьас бачунеб машинаги борлъун, жанибеги баккун кьвагьичӏого хутӏун буго. Гьединал лъугьа-бахъинал гьесул гӏумруялъулъ гӏемерал рукӏун ратиялда щаклъи гьечӏо. Ракӏалдаса унареб асар гьабуна диеги гьесул гӏумруялъги, цогидазда релълъинчӏеб гьесул къисматалъги, ракьалда гьес тараб лъалкӏалъги. Бокьа-бокьарав чияс тӏаса бищуларо гьединаб гӏумрудул нухги, бокьарав чиясухъа гуро бажарулеб гьедин гӏумру тӏамизеги. Гьелъие рижарал гӏадамал батӏиял рукӏунел руго. Гьеб тасдикъ гьабуна нилъее бергьараб гьунаралъул разведчик Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасги. Ахиралдаги гьес ракӏалде щвезаруна инсуца гӏемер абулел рукӏарал рагӏаби: «Чороклъараб ретӏел бацӏцӏад гьабизе кӏола, амма чороклъараб яхӏ-намус бацӏцӏад гьабизе кинавго чиясухъа гуро бажарулеб».\nТӏокӏабги битӏун кинха абилеб?"}
{"slug": "7355-kvatiun-tiatarab-gunar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7355-kvatiun-tiatarab-gunar", "title": "Кватӏун тӏатараб гьунар", "date": "2020-03-02 10:46:35", "categories": ["insan"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул университеталъул пресс-хъулухъалъул фотограф Хӏажимурад Мухӏамадовас рахъарал суратазул выставка.\nШамил районалъул Лъезда росулъа Хӏажимурадица релъабаз суратал рахъизе байбихьана анкьго соналъ цебе ва гьеб ишалдеги гьев машгъуллъана 45 сон бараб мехалда.\nВыставка рагьана ва нухда бачана республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул отделалъул специалист Арсен Лугуевас.\nХӏажимурадида выставка рагьиги баркун, данделъиялда кӏалъазе рахъана гӏезегӏан гӏадамал.\nХӏ. Мухӏамадовас баркала кьуна выставкаялъухъ балагьизе рачӏарал гьудул-гьалмагъзабазе, гӏага-божаразе, ДГМУялъул, халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏалтӏухъабазе, Ленинкент поселокалъул № 35 школалъул педагогазе, цӏалдохъабазе ва абуна жиндир гьунаралъул къимат гьабулел рази гьаризе хадубккунги хӏаракат бахъизе бугин."}
{"slug": "7356-giirbanil-khiazhiyavgi-giagarl-igi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7356-giirbanil-khiazhiyavgi-giagarl-igi", "title": "Гӏирбанил Хӏажиявги гӏагарлъиги", "date": "2020-03-02 10:49:55", "categories": ["bakikos"], "text": "Дол церегӏанго соназ дир гьудул, магӏарулазул шагӏир Гӏирбанил Хӏажияс жиндирго «РАФИК» машина кьун букӏун буго гӏагарав васасухъе, гьес жиндиегоги гьасиеги, гьелда гӏадамалги раччун, гӏарац гьабизе къотӏигун. Амма шоперас дир гьудул махсараде ккун вуго, щибаб моцӏрое къотӏи гьабураб гӏарацги кьечӏого.\nГьеб рагӏарав гьесул вацгӏалас абун рагӏула «Рождённый ползать летать не может…», — абун.\nХӏажиясда гьеб бичӏчӏун буго ва гьев вацгӏаласухъе хӏалтӏизабизе кьун буго добго «РАФИК» добго гӏарац кьезе къотӏиялда.\nЦевесев кӏочарав ватун вуго Хӏажиясда кӏиабилевги гӏагарав чи, гьаб-доб багьанаги бачун, цонигияс гьасие къотӏи гьабураб гӏарац кьун гьечӏо ва жиндир иргадулаб тӏехь бахъизе рукӏарал шагӏирасул хьулал хӏор-лъун руго.\nГьезда ццин бахъарав шагӏирас босун буго хъахӏаб ххамил щуго-анлъго метрги ва гьелда тӏад художникасда берцинго ва чӏахӏиял хӏарпаздалъун хъвазарун руго, бахъизе ракӏалда букӏараб жиндирго тӏехьалдаса росарал, гьал рагӏаби:\nЭбел кӏочарасе – кӏиго нагӏана,\nНалъи кӏочарасе – лъабго нагӏана! — ян.\nАскӏобго бахъизабун буго «РАФИКалъул» суратги, гьеб лъие ва сундуе хъвалеб бугебали росуцоязда бичӏчӏизе букӏинелъун.\nГьеб игӏлан чӏван буго жиндирго росулъ бугеб минаялъул нухдехун буссараб рахъалда, киназдаго бихьуледухъ.\nГьеле гьедин «тамихӏ» гьабун буго шагӏирас жиндирго налъулазе.\nP.S.\nГьечӏищха, гьудулзаби, къватӏ-къватӏазда чӏахӏахатӏалъ хъван рукӏине кколел рагӏаби?\nГьал мухъал цӏали-далгӏаги цо-цо налъи кьоларел чагӏазда яхӏ речӏчӏилародай?"}
{"slug": "7357-70-sonil-borkhal-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7357-70-sonil-borkhal-i", "title": "70 сонил борхалъи", "date": "2020-03-02 10:50:25", "categories": ["insan"], "text": "25 февралалда ДГМУялъул гӏелмиябгун лъай кьеялъул инновациязулаб централда тӏобитӏана профессор Гӏабдурахӏман Гӏусмановас 70 сон тӏубаялде сайгъат гьабураб, «Медицинаялъулаб лъай кьеялъул ва сахлъи цӏуниялъул кӏвар бугел масъалаби» абураб республикаялъулаб гӏелмиябгун практикияб конференция.\nГьениб Гӏабдурахӏман Гӏусмановасул хӏакъалъулъ бицана ДГМУялъул ректор, профессор Сулейман Мамаевас, ДГМУялъул гӏаммаб хирургиялъул кафедраялъул нухмалъулев Расул Мажидовас.\nГӏ. Гӏусмановас Дагъистаналда медицинаялъул тӏадегӏанаб лъай кьеялъулъ ва сахлъи цӏуниялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул физическияб культураялъул ва спорталъул министр Мухӏамад Мухӏамадовас, Дагъистаналъул пачалихъияб халкъияб магӏишаталъул университеталъул президент Хӏамид Бучаевас, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Салман Ахӏмадовас, Халкъияб Собраниялъул сахлъи цӏуниялъул комитеталъул председатель Висампаша Ханалиевас.\n«Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабазги баркула Гӏабдурахӏманида 70 сонил борхалъуде вахин. Гьарула щулияб сахлъи, хӏалтӏулъ лъикӏал хӏасилал. Гӏага-божаразул, гьудул-гьалмагъзабазул, цадахъ хӏалтӏулезул хӏурматалъ ва рокьиялъ хинлъизабеги дур ракӏ, рещтӏинабеги гьелъулъ лъикӏлъи, парахалъи."}
{"slug": "7359-matsiikh-abaze-dugia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7359-matsiikh-abaze-dugia", "title": "Мацӏихъабазе дугӏа", "date": "2020-03-02 11:14:31", "categories": ["bakikos"], "text": "Чӏварав нижехъа кӏиго гӏолохъанчиясул, гьел хванин кагътал кьечӏого, бесдал хутӏарал гьезул лъималазе пенсия гьабун букӏана дица, бегавуллъун хӏалтӏулев чияс. Гьебги кколелъубе щвезабун, дун кӏиго моцӏалъ туснахъалда лъун вукӏана. Гьенир хъварал мухъал руго гьал.\nДий хӏукму къотӏараз къанщайги берал,\nКъватӏул гьойдул гӏадин, гӏакълуги босун.\nТӏаса гӏарза хъварал хъубал гӏадамал\nХъорщол ящикалъур щула гьареги.\nДун тӏаде вегулел гьал цӏулал нарал\nЦӏадул хӏубилъаги хӏалихьатазе.\nХӏалхьуда дун течӏел къадарал чагӏи,\nКъадар хехаб бачӏун, молода къайги.\nДий кваназе кьолеб баландаялда\nБолъонил гьан жубан кваназе ккайги.\nРегизеян лъураб ишконка-кровать\nЖидерго хабада хъанчлъун чӏвайги.\nГьанир жанир ругел карцер-камерахъ,\nГьабураб лъачӏеца лъагӏелал райги.\nНуцӏида кӏетӏолел кӏудиял кӏулал,\nКӏалги къан чӏечӏезда мацӏалда райги.\nДун вугеб рукъалъул гордул хьуразул,\nХьалбал лахӏтуялъул гьаризе ккайги.\nБокӏнида кӏутӏараб парашаялда\nТӏаса рахъулареб унти речӏчӏайги.\nНуцӏил кӏалтӏа ругел хъаравулзабаз,\nХъубаб агьлуйилан цӏунизе ккайги.\nТуснахъ сверун ругел надзирателаз,\nРакӏ бухӏаравги хун, вукъизе ккайги.\nБесдал лъималазда квер чӏванин хъварал,\nБесдалазул рокъор ракъуца хвайги.\nМискин-пакъирасул суал борхарал,\nСадакъаялъ хьихьун гӏумруго айги.\nДие къор бухъараб къадараб уммат,\nКъо гьоркьоб инчӏого, гӏодизе ккайги.\nКъваридаб рокъове дун ккезавурал,\nГьалагаб гӏуруца росун айги нуж!"}
{"slug": "7358-dag-istan-chiel-bosarazda-gorkob", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7358-dag-istan-chiel-bosarazda-gorkob", "title": "Дагъистан – чӏел босаразда гьоркьоб", "date": "2020-03-02 11:36:31", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Улкаялда исана ичӏабилеб нухалда тӏобитӏулеб буго «Чӏагояб классика» абураб пасихӏго кечӏ рикӏкӏиналъул къец. Бищунго жигараб гӏахьаллъи гьабурал регионазул сияхӏалда буго Дагъистанги. Ахирал соназда рехсараб къецалъул финал тӏобитӏула Москваялъул Багӏараб майданалда. Марталъул ахиралда гьабизе буго къецалъул хӏасилги.\nЖюриялда цадахъго, къецалъул хӏасил гьабиялъулъ гӏахьаллъизе руго Москваялъул Борис Щукинил цӏаралда бугеб Театралияб институталъул педагогалги. Экспертаз бищунго пагьмуялин цӏар чӏварал финалистал росизе руго рехсараб институталде цӏализе.\nПроекталъул сайталда гӏуцӏараб онлайн-гьаракь кьеялъул хӏасилалда церехъабилъун рикӏкӏана 30 регион. Гьезда гьоркьоб буго нилъер республикаги. «Гьел регионазда гӏуцӏизе руго 11-абилел классазул цӏалдохъабаз кучӏдул рикӏкӏиналъухъ гӏенеккиял. Экспертаз тӏадегӏанаб къимат кьурал цӏалдохъабазе рес щвезе буго Б. Щукинил цӏаралда бугеб Театралияб институталда цӏализе хӏалбихьиялъул къецалда гӏахьаллъизе – гьел рачӏинахъего росула кӏиабилеб туралде», — ян баян гьабуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Лейла Арсланбеговалъ."}
{"slug": "7360-armiyal-ulab-chemodan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7360-armiyal-ulab-chemodan", "title": "«Армиялъулаб чемодан»", "date": "2020-03-02 11:50:38", "categories": ["obrazovanie"], "text": "5-21 февралалда Дагъистаналъул школазда тӏобитӏана «Армейский чемоданчик» абураб акция. Гьеб гӏуцӏун букӏана Ватӏан цӏунулесул къоялъул хӏурматалда. Гьелда гӏахьаллъана 40 азаргоялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Тадбиралъул гӏуцӏарухъабилъун ккола ДРялъул Гьитӏинаб академияги Россиялъул цӏалдохъабазул хӏаракатчагӏазул (РДШ) регионалияб отделениялъул Сурсатазул центрги.\nРДШялъул жигарчагӏаз школазда гӏуцӏана батӏи-батӏиял тадбирал, тематикиял выставкаби, ветераназулгун дандчӏваял. Тадбиразул цояблъун букӏана «Армейский чемоданчик» абураб акцияги. Гьениб цӏалдохъабазда ветераназ бихьизабуна аскариясул чемоданалда жаниб букӏунеб къайи: солдатасул альбом, рокъоре хъваралги рокъоса рачӏаралги кагътал, батӏи-батӏиял орденалгун медалал ва цогидабги. Акциялда гӏахьаллъана армиялда хъулухъ гьабурал бихьиналги. Гьез лъималазе бицана рагъулаб хъулухъ тӏубаялъул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "7362-bardachok", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7362-bardachok", "title": "Бардачок", "date": "2020-03-02 11:51:30", "categories": ["bakikos"], "text": "Магӏарухъ нижер росулъ жанире щвараб бакӏалда рукӏана цебе росдаца иргаялда лал тӏамулел гьоцӏаби, хадуб машинадул нух росулъе бахъидал, лал тӏамулебги тедал гьенир нижер колхозалъул юк баччунел машинабиги, цогидаб техникаги букӏунаан чӏезабун.\nДол лъабкъоялда анцӏабилел соназ гъутаналдаса магӏарухъе баччулеб ролъги, херги, кӏалцӏиги камулароан колхозалъул. Магӏарухъа рехеги гьел машинаби чӏорого унароан, хасго хаслихъе хур-хер жаниб буссиндал. Гӏатӏиракьалда чӏараб гӏагарлъиялъе ритӏулел картошкадул хъапазул гӏемериселъ цӏун унаан гьел. Гьитӏинабго ГАЗ-51 машинаялъ кӏиго тоннагӏанасеб гурони бакӏлъиги босулароан. Районалда базаралдеги гӏатӏиракьалдеги гӏемериселъ гьел машинабазда рекӏун унаан гӏадамал. Рукӏинчӏо гьадин бокьухъе рекӏине тӏадагьал машинаби.\nГьединаб цо машинаялда хӏалтӏулев вукӏана, армиялдаги шоферлъун хӏалтӏулев вукӏарав, жиндир хӏал алжаналда батаяв дир гьудул Хъиличил Идрисги.\nЦо пуланаб Агъвалиб, базар букӏунеб шамат къоялъ, капотги рагьун, машинаялъул\nмотор букӏунелъув квалквадулев гьесда аскӏое ячӏуна Агъвали базаралде ине бокьарай, кӏудияб ригьалъул росуцояй ва гьелъ Идрисида гьикъула:\n— Ле вас, мун жакъа Агъваливе ине вугищ? — ан.\n— Гьечӏо.\n— Щай? Шамат къоялъ базаралде унаан гурищ мун.\n— Дуда вихьуларищ дун, машина хун, гьеб къачӏалев?\n— Щиб гьелъул хун бугеб? – ан гьикъула хӏамида къулгьугӏанги машинаялъул жо лъаларей дой херай кӏодоца.\n— «Бардачок», — ан абула махсаро камуларев Идрисица.\nТӏокӏаб рагӏи гьесдаги абичӏого, нахъ юссун унаго, Идрис жакъа унев гьечӏин Агъваливе, досул «бардачок» хун бугин данде ккараздаги бицунаго, рокъое уна, гьеб къоялъ рагӏараб цӏияб рагӏи лъарай кӏодо."}
{"slug": "7363-rajonazdasa-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7363-rajonazdasa-kharbal", "title": "Районаздаса харбал", "date": "2020-03-02 11:57:40", "categories": ["magiarukh"], "text": "Шамил\nРайоналъул больницаялда тӏобитӏараб медхӏалтӏухъабазул данделъиялда кӏалъалаго, ЦРБялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловас хӏисаб кьуна гьабсагӏаталда районалда унта-щокълъиялда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n— Районалда вуго 29542 чи. Гъоркьиса гьабуна 610 лъимер, хвана 180 чи. Диспансеризациялъ гъорлъе вачана 4931 чи ва 6309 лъимер. Гьебго заманалда районалда вуго онкологиялъ унтарав 177 чи. Лъимер гьабулеб ригьалда йиго 7329 чӏужугӏадан. Амма квеш ккараб жо буго ахӏидалгӏаги гьел тохтурзабазухъе рачӏунгутӏи. Гьеб рахъалъ гьабулеб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи буго щвалде щвечӏеб, — ан бицана бетӏерав тохтурас.\nДанделъиялда бицана сахлъи цӏуниялда хурхарал кӏвар бугел цогидал масъалабазул хӏакъалъулъги.\n* * *\n23 февралалда Хӏебда культураялъул кӏалгӏаялда тӏобитӏана рохалилаб данделъи. Гьениб районалъул школалъул учительзабаз бихьизабуна «Чӏаго хабалъ рукъуларо» абураб пьесаялдаса сценка. Рагъул байбихьиги, гьенире гӏолохъаби тӏоритӏиги, рагъ лъугӏиялъул рохелги загьир гьабуна Тӏидиб росдал школалъул учительзабаз. Рагъул темаялда кучӏдул ахӏана Гьентӏаса Ахӏмадова Кусумица, Ругъелдаса Хӏажиев Гӏабдулхӏакимица ва Тӏаса Бакълъухъа Ахӏмаев Хӏажица.\nРайоналдаса армиялда хъулухъ гьабулев 71 рагъухъанасе сайгъат гьарурал кучӏдулги ахӏана гьенир."}
{"slug": "7367-tsiogazde-sarin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7367-tsiogazde-sarin", "title": "Цӏогьазде сарин", "date": "2020-03-02 12:11:59", "categories": ["bakikos"], "text": "Миллион хъамурал хъурумсахъазда\nХъапас балареб кин, кодор щваниги?\nКварил кӏичӏ рекъараб мукъулукъалда,\nНах бахунеб кинаб квеш хьваданиги?\nБюджет бикьулелги гьеб бикъулелги,\nКьурса рехулареб хабар-гӏадлуйищ?\nКъануназда тӏадги жал релъанхъулел\nМилицаби толеб туснахъ гьечӏебищ?\nЧвантихъги балагьун хӏукму къотӏулеб\nЦӏогьабазул диван – Дагъистаналда.\nЦӏикӏкӏун бикъарасул гӏакъил гьавулеб,\nГӏажаибаб хӏукму – хӏукуматалда.\nОгь, дир кереналъе квеш букӏунеб куц,\nИшалда рекъечӏеб къотӏи рагӏидал.\nКъваригӏун вугоан дида вихьизе,\nЖинца кьураб рагӏул гӏоркь кколев хӏаким."}
{"slug": "7365-kumekal-ukh-barkala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7365-kumekal-ukh-barkala", "title": "Кумекалъухъ баркала", "date": "2020-03-02 12:17:45", "categories": ["magiarukh"], "text": "Цӏунтӏа\n24 февралалда радал ичӏгоялде бащдаб хӏалтӏараб заманалда цӏа рекӏана Цӏунтӏа районалъул Махъалалъ росулъа Гъазимухӏамад Гадаховасулги Мухӏамад Мухӏамадовасулги минабазда. Гӏадамазул кумекалдалъун бажарана цӏа свинабизе. Кумекалъе рачӏун рукӏана мадугьалихъ росабазул жамагӏаталги. 35 километралъ рикӏкӏада ругониги, къварилъи ккаразде хехаб кумекгун тӏаде щвана Кидиро, Шагьикь, Шаури, Хъебалъ ва цогидал росабалъа гӏолохъаби. Хадурго цун рачӏана цӏа свинабулезул машинабиги.\nЦӏа ккеялъул хӏасилалда микьго цӏараки жаниб хӏебтӏарал минаби рухӏана ва кӏигоялъе гӏураб къадаралда зарал ккана. Кӏикъоялда ункъо чи хутӏана жаниве лъугьине бакӏ гьечӏого. Гьелъие санагӏалъи гьабуна росдал школалъул тӏоцебесеб тӏалаялда ругел рукъзабахъ. Гьенир цӏалулел рукӏана байбихьул классазул цӏалдохъаби – гьезие дарсал кьезе руго кӏиабилеб сменаялда.\nБакӏалъулаб администрациялъул бетӏер Мухӏамад Мухӏамадовас абуна къварилъи ккаразе квен-тӏехги ретӏелги чӏезабиялъул масъала тӏубазабулеб бугилан. Гьес бицана гьезие заманалда хӏебтӏизе санагӏатал рукъзал ралагьулел ругиланги."}
{"slug": "7369-millat-dande-k-aleb-giartsul-k-adiro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7369-millat-dande-k-aleb-giartsul-k-adiro", "title": "«Миллат данде къалеб гӏарцул къадиро»", "date": "2020-03-02 12:25:52", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "«Миллат данде къалеб гӏарцул къадиро» — гьадин абулеб буго Залму Батировалъ, Суракъат Асиятиловасе сайгъат гьабун хъвараб цо кочӏолъ. Халкъияй шагӏиралъул гьелго рагӏабаздалъун къимат кьелаан дицаги, тӏолалго магӏарулал цого пикругун цого бакӏалде данде ракӏарулеб авар мацӏалъул фестивалалъе.\nГьединаб байрам нилъер букӏинчӏо ва цоги гьечӏо. Цояз абизе бегьула гьеб кечӏ-бакъан жубараб тадбиралъищ мацӏ цӏунулебин, цогидал рекъечӏого рукӏине бегьула шапакъатал кьезе рихьизарурал цӏаразда, лъабабилел — тӏубанго рикӏкӏадал, гьелъул кӏварго гьечӏел. Амма руго гьенире щвечӏого чӏезе кӏоларелги магӏарулал.\nБайрамалъул сурат: разиял гьурмал, гьудулзабазда балеб къвал, гӏемеразул къвалакь авар мацӏалда рахъарал тӏахьал, газет-журналал, гӏинда чӏвалеб гӏагараб мацӏалъул калам. Зурмил къвакъвай, къолол двари, кьурдул сверулъ тириго бахъулеб некӏсияб расен. Бакӏ-бакӏалдаса рагӏулеб тӏармил накъит, гьунар тӏокӏал кочӏохъабаз чӏаго гьарулел халкъиялгун миллиял бахӏарзал — Бахтика, Хочбар, Шамил, Хӏажимурад, щущахъ биххизабураб Надиршагьил бо, бухӏи цӏикӏкӏараб Ахӏулгохӏ.\nБуцараб тӏохол махӏ, бикьулеб чӏер, чӏагӏдал бакӏалда гьекъолеб тӏохол лъама, къелдерил хӏунтӏер, хунздерил гьалилгӏатӏал хинкӏал, гъунисезул тӏутӏ. Кинабго рехсон хӏал кӏвеларо. Жидерго азбаралда гӏадин эркенго, миллияб ратӏлилъ рекерахъдулел лъимал. Гьел гӏуна фестивалалда цадахъ, ругьунлъана Тубхӏатил гьайбатаб «Алипбаялдаса» мухъал рищизе, гьезда лъала магӏарул мацӏалда кечӏ цӏалулел гурезе гьаниб рагӏи букӏунареблъиги. Гьитӏичазулъ гъира цӏикӏкӏунеб буго къец бан рахьдал мацӏалда цӏи-цӏиял кучӏдул лъазаризе. Гьаниб буго магӏарул рухӏги махӏги, миллаталъул гугьарги, горсверулъ къадруял гӏадамалги. Гьаб тадбиралъ ахӏулел руго гӏаркьалаби цӏилъулеб хӏалалъ кьалбал беэнлъизаризе. Гьанир гьечӏо мацӏ цӏунизе кколин гьарулел чӏорогоял кӏалъаял, чӏамучӏаб рецц-бакъ, гьаниб рещтӏун буго магӏаруллъи.\nГьаб байрамалъ къватӏире рахъинарун руго гъансинир рукӏин кӏочарал кӏодол хъабалаби, гормендаби, магӏида басралъарал тӏингъал, буртаби ва бухараби. Гӏолилазулъ бижулеб буго цӏияб гъира — жидер логол роцада цӏиял чухъабигун хъабалаби рукъизе, миллияб ратӏлилъ матӏуялда цебе свери бахъизе.\nГьудуллъи щулалъулеб буго, жиде-жидер бокӏнире руссун анцӏ-анцӏ сонал арал райгазетазул коллективазул. Гьенибго — мухбирзабаз бицунеб гӏаммаб махщалил хабар, дандбалеб пикру, бикьулеб ургъел. Гьале миллияб аслу рагьулеб руцӏцӏен, тӏокӏаб гугьаралъул гъансито.\nЖидер хаслъи цӏунарал, гьунарал гьарзаял районал: Чӏарада, Шамил, Хунзахъ, Унсоколо, Лаваши, Гъуниб, Гумбет, Гӏахьвахъ, рикӏкӏадал Лъаратӏагун Цӏунтӏа, Цӏумадагун Бежтӏа — тӏолабго магӏаруллъиялъул халкъиял гьунарчагӏи рещтӏараб сухӏмат. Халкъалъул рекӏелъа аваданлъи тӏубан бачахъани гӏадамал мукъсанал, хъантӏарал, тавакаллъи гьечӏеллъун лъугьуна. Гӏунгутӏабиги тӏокӏлъабиги нилъе-нилъерго хьагинир гьалдон роцӏцӏунарелъул. Батӏатӏун щибаб мухъ чӏани тӏатунаро цӏиял гьунарал, мисаллъун рехсезе къадруял цӏарал, пайдаял ишал.\nЖидер миллаталъул рухӏияб ирсалъул къимат лъалес хӏурмат теларо цогидазул культураялъулги. Росу-ракьалъул гӏадат-гӏамал лъалес, гьелъул хӏурмат гьабулез мугъ свериларо инсул ракьалде, рахьдал мацӏалде."}
{"slug": "7368-tsitsianazda-ras-rikikiun-balag-reshchtiagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7368-tsitsianazda-ras-rikikiun-balag-reshchtiagi", "title": "Цӏцӏаназда рас рикӏкӏун балагь рещтӏаги", "date": "2020-03-02 12:33:16", "categories": ["bakikos"], "text": "Кӏиго чӏужугӏадан квешго цоцалъ рагъанила. Руччабазул рагъалдаса гӏасияб жо щибха букӏинеб, ботӏродаса цоцазул бетӏун рас тӏагӏанила, гьурмаздаса хъарсун хъалги лъугӏанила кӏиязулго.\nЦо талихӏалъ тӏаде гӏадамалги щун, ратӏа гьарун рокъо-рокъоре щвезаюнила кӏияйго. Гьединги хӏебтӏичӏого, хадур тӏохдеги рахун, цоцазде хьандезе, рогьрал разе лъугьанила гьел.\n— Зодоб цӏва рикӏкӏун цӏцӏеги кьеги, цӏцӏаназда рас рикӏкӏун балагьги рещтӏаги дуда, — ян ахӏанила цоялъ.\n— Лъарахъ чваходал гьаракь къотӏаниги, дур рокъоса магӏил гьаракь къотӏугеги, — ян хьанданила данде гьай цояйги."}
{"slug": "7370-laborantaldasa-betieraj-gielmiyaj-khialtiukh-analde-shchvezegian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7370-laborantaldasa-betieraj-gielmiyaj-khialtiukh-analde-shchvezegian", "title": "Лаборанталдаса бетӏерай гӏелмияй хӏалтӏухъаналде щвезегӏан", "date": "2020-03-02 12:39:09", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Тӏоцебесеб нухалда Мисай Халидова йихьана дида ИЯЛИялъул аспирантураялда цӏалулеб заманалда. Гӏодое йиччарай, сабурай, хӏеренаб каламалъул, гӏелмияб цӏех-рехалда хурхараб суалалъе мухӏканаб жаваб кьезе бажарулей…\nМ. Халидова хӏалтӏудаса нахъе анилан бицаралдаса нахъе букӏана гьей йихьизе гъира. Дагьалъ цее дун ана гьелъухъе гьоболлъухъ. Гӏумруялъулгун гӏелмуялъулги хъизамалъулгун рукъалъулги бицун, таманаб заман бана гьелъулгун накъиталда.\nМисай Халидова гьаюна 1936 соналда Хунзахъ росулъ. Цӏалана Махӏачхъалаялъул №4 школалда ва 1961 соналда лъугӏизабуна ДГУя-лъул филологияб факультет. Гьебго соналъул декабралдаса нахъе хӏалтӏана ДФИЦалъул Мацӏалъул-гун адабияталъул ва искусствоя-\nлъул институталда (ИЯЛИ). Йикӏана ИЯЛИялъул гӏелмиябги диссертациялъулабги советазул членлъунги.\n1973 соналда цӏунана «Магӏарул фольклоралъул гӏисинал дидактикиял жанрал» абураб темаялда филологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация; 1997 соналда – «Дагъистаналъул халкъазул мифазулаб ва тарихияб эпос» абураб темаялда докторлъиялъул диссертация.\n«Дие кидаго бокьулаан художествиял асарал цӏализе. Дир эмен, Расул Халидов, вукӏана разведчик, рагъул гӏахьалчи, хадувккун КГБя-\nлъул хӏалтӏухъан. Инсуе бокьун букӏана дун тохтурлъун яхъине, амма дир ракӏалъ тӏаса бищана ДГУялъул филологияб факультет. Яц ана медицинаялде – гьелъ тӏубазабуна инсул анищ.\nУниверситет лъугӏидал, хӏал-тӏизе байбихьана РАНалъул филиаллъун букӏараб Гӏелмияб Централда. Байбихьана лаборанталъул хъулухъалдаса. Пенсиялде иналде дун яхъана бетӏерай гӏелмияй хӏалтӏухъаналъул даражаялде», — ян бицана гӏалимчӏужуялъ.\nГьелъул тӏоцебесеб гӏелмияб цӏех-рехалъе нухмалъи гьабулеб букӏана Гӏали-Хӏажи Ахлакъовас. Амма, диссертация хъван бахъиналдего, Аллагьасул къадаралде щвана гьев.\n«Гӏажаибаб хасияталъул инсанги пагьму камилав гӏалимчиги вукӏана гьев. Чӏаго хутӏаравани, нилъер гӏелмудулъ гӏемерго цебетӏей лъугьинаан. Амма, гьев хванилан абун, дица цӏияв гӏелмияв нухмалъулев кьеян тӏалаб гьабичӏо. Диссертациялдаги гьевго вихьизавун вуго, нухмалъулев хӏисабалда», — ян ракӏалде щвезабуна Мисай Халидовалъ.\nКицабазулгун абиязул, бицан-кӏабазулгун гьара-рахьиязул, ай гӏисинал жанразул цӏех-рех гьабулаго, Мисай Халидовалъул пикру тӏаде цӏана мифаз. Гьеб букӏана жеги абизегӏан гӏелмияб цӏех-рехги гьабичӏеб, рикӏкӏадал районазда цӏунун хутӏараб кӏалзул гьунара-лъул жанр. Гьелъ байбихьана цӏияб гӏелмияб цӏех-рех. Ва тӏолабго гӏумруялъул аслияб ишлъунги лъугьана мифазул анализ гьаби.\n«Дие ккараб икъбаллъун дица рикӏкӏуна инсул гӏемерал гьудулзаби рукӏин. Гьел рачӏунаан нижехъе гьоболлъухъ. Дир гӏелмияб хӏалтӏул бицен ккараб мехалда, гьез ракӏалде щвезарулаан жидерго бакӏазда машгьурал биценал, гӏажаибал лъугьа-бахъинал. Дица гьел хъвалаан. Хадубккун унаан гӏелмиял экспедициязде. Гӏемерал биценал хъвана дица Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Цӏумада, Гӏахьвахъ ва цогидал районазда. Моцӏалги ралаан гьединал сапаразда. Гьениса бакӏарараб материал кьолаан Квералъ хъварал хӏалтӏабазул фондалде. Батӏи-батӏиял бакӏазда ратулаан цоцазда релълъен-хъвай бугел асарал. Гьеб мехалда байбихьулаан гьезул мухӏканаб цӏех-рех гьабизе», — ян бицана гӏалимчӏужуялъ.\nПуланаб бакӏалда батараб мифологияб бицен кин бижараб, щиб гьелъие кьучӏлъун ккараб? Кинаб бухьен бугеб гьелъулги халкъалъул хӏакъикъияб тарихалъулги? Цогидал дагъистаниязул мифологиялда ругищ гьединаб магӏнаялъул асарги гьенир рехсолел багьадурзабиги? Гьел ва цогидал суалазе жавабал ралагьулаго, рижулел рукӏана цӏи-цӏиял гӏелмиял хӏалтӏаби.\nМ. Халидовалъул къалмикьа къватӏибе бачӏана 140-гӏанасеб гӏелмияб хӏалтӏи. Гьелъул берзукье ккана поэзиягун прозаялъул киналниги жанразда хъварал мифал. Яккана гьей нартазул эпосалъулгун Кавказалъул рагъул замана-лъул халкъиял асаразул гъварилъу-деги. Цӏех-рехалъул хӏасилалда якъинлъарал цӏиял хӏужабазул хӏакъалъулъ Мисай Халидовалъ бицана гӏелмиял дандеруссиназдаги, халкъазда гьоркьосел данделъа-баздаги, хадур къватӏире рахъарал мажмугӏаздаги. Гьей гӏахьаллъана Махӏачхъалаялда, Грозныялда, Тбилисиялда, Элистаялда ва цогидал бакӏазда тӏоритӏарал гӏелмиял данделъабазда. Басмаялде рахъана жинцаго ва цогидал гӏалимзабигун цадахъ хъварал монографиял.\nМ. Халидова мустахӏикълъана пачалихъиял шапакъатазеги. Гьей ккола ДРялъул гӏелмуялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу. 1995 соналда гьелъие кьуна ДРялъул Пачалихъияб премияги.\nГьабсагӏаталда Мисай Халидова йиго мустахӏикъаб хӏалхьиялда. Гьелъул ракӏгъезабула лъималазул лъималаз. Вас Камил вуго биологиял гӏелмабазул доктор, гьев ккола ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб биологиял сурсатазул института-лъул директор. Яс Динара йиго тохтур-педиатр.\nЭбелалъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна гьез: «Гьатӏанкъоялги байрамкъоялги рокьулароан гьелъие киданиги. Цогидал хӏалхьиялда рокъор чӏараб заманалдаги унаан хӏалтӏуде. Тӏехь цӏалулареб заман гӏадада арабин абула гьелъ жакъаги. Лъагӏалидасаги цӏикӏкӏун мех бана эбел хӏалтӏудаса нахъе аралдаса. Ниж хӏинкъун рукӏана, гьелъухъа рокъой чӏун бажариларин абун. Амма дагь-дагьккун ругьунлъана. Мех-мехалда гьелъухъе рачӏуна ишцоялги».\nГьайгьай, жеги бокьилаан хӏалтӏизе, амма чорхол хӏалги бичӏчӏун, Мисай Халидовалъ хӏукму гьабуна хӏалхьиялда чӏезе. «Аллагьас сахлъиялда таги мун, Мисай Расуловна», — янги гьарун, рекӏелъ адабалъул асаргун къо-лъикӏ гьабуна нижеца."}
{"slug": "7371-ministral-gi-kuna-ege", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7371-ministral-gi-kuna-ege", "title": "Министралъги кьуна ЕГЭ", "date": "2020-03-02 12:55:17", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Исана тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏана «Цӏалдохъабазул эбел-инсуца историялъул ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб Тӏолгороссиялъул акция. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумароваги.\nЕГЭ кьеялъул цогояб къоялъул аслияб мурад ккола хӏакъикъияб экзамен тӏобитӏиялъул къагӏидаялъулгун цӏалдохъабазулгун гьезул умумузул, гьединго жамгӏияталъул лъай-хъвай гьаби.\n— Акция тӏобитӏизе ракӏалде ккана ва гӏумруялде бахъинабуна Рособрнадзоралъ. Гьелъул аслияб мурад буго ЕГЭялъукьа хӏинкъизе кколареблъи цӏалдохъабаздаги гьезул эбел-инсудаги бичӏчӏизаби. ЕГЭялде хӏадурлъулаго, лъимал ракӏчӏун рукӏине ккола жидерго лъаялда. Гьеб ишалъулъ кумекалъе рахъине ккола лъималазул эбел-эменги, — ян бицана Уммупазил Гӏумаровалъ.\nИсана школа лъугӏулел цӏалдохъабазул эбел-инсуда бихьана ЕГЭ тӏобитӏулаго гӏуцӏулел тадбиразул тартиб. Гьеб цӏунун букӏана эбел-инсуца ЕГЭ кьураб къоялъги. Историялъул ЕГЭ кьуна Дагъистаналъул шагьаразда: Махӏачхъалаялда – №13 гимназиялда, Дербенталда – Дунялалъул культураялъул гимназиялда, Избербашалда – № 1 гьоркьохъеб школалда, Гъизляралда – №7 школалда, Хасавюрталда – №12 школалда."}
{"slug": "7372-giak-labazul-g-amas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7372-giak-labazul-g-amas", "title": "Гӏакълабазул гъамас", "date": "2020-03-02 13:02:23", "categories": ["kultur"], "text": "• Хъулухъалда вукӏаго ракӏалда чӏезабе кӏиго хӏакъикъат: «Ритӏухълъиялъулъ загьирлъула гӏакъиллъи. Хъантӏи гьечӏолъиялъ борхизабула къадру». Рокъове тӏадвуссиндалги ракӏалда чӏезабе кӏиго хӏакъикъат: «Рази-ракиго вукӏиналъулъ батула рахӏат. Цӏуна-къаялъ гьарза гьабула буголъи».\n• Бугьтанчагӏи релълъуна бакъалда цебе бачӏараб накӏкӏуда: гьезда гӏемераб мехалъ бахчизабизе кӏоларо лъикӏлъи. Хӏелхӏелчагӏи релълъуна тӏеренабго гьорол хӏухьлада: гьел аскӏоса тӏагӏараблъиго лъаларо.\n• Къабихӏав чиясулгун тушманлъи гьабуге, жиндаго релълъарал рукӏуна гьесул тушбабиги. Сахаватав чиясе хӏелхӏедуге, гьес хасаб мурадалъе гӏоло лъиего кумек гьабуларо.\n• Живго жинцаго веццулев чи вуго жиндиего зарал гьабулев чи.\n• Гьудуласухъе индал, гьесул лъималаз бицуна дуда мун гьесие хӏажат вугищ яги гьечӏищали. Лъимал данде рортун рачӏани, гьудулас дур хӏурмат гьабулеб буго. Рачӏинчӏони, гьудуласе мун вихьизецин бокьун гьечӏо.\n• Воре, зинаялдаса рикӏкӏад чӏа. Гьеб байбихьула пахрулъиялдаса ва чохьое бокьа-бокьараб гьабиялдаса, амма лъугӏула язихълъиялде ккеялдалъун.\n• Лъикӏаб квен бугони — гьалбал гӏемерлъула, гӏемераб бечелъи бугони – гьудулзаби цӏикӏкӏуна. Амма мун гӏодов ккараб къоялъ гьел дуда ратуларо.\n• Хӏалтӏичӏого бетӏербахъи гьабизе бокьиялъ гьерсихъанлъун ва цӏогьорлъун лъугьинавула.\n• Къанцӏаялъ гьоцӏо пасат гьабулеб гӏадин, квешаб тӏабигӏаталъ гӏамалги пасат гьабула.\n• Гӏадлу гьечӏеб мацӏ нилъедаго данде хӏалтӏула.\n• Мун гӏадамазда гурхӏа, гьеб мехалда Аллагь дудаги гурхӏила.\n• Талихӏ бокьун батани, щайтӏан къезабизе ккола.\n• Воре, кӏочон тоге дунялалда гӏунги тӏокӏ заз букӏин. Амма гьелда тӏад гӏодов чӏезе лъидаго тӏадаблъун гьабунги гьечӏо. Дуда цадахъ дуе мутӏигӏаб гъалбацӏ батичӏони, воре, дуца гьабзазда ганчӏал речӏчӏуге.\n• Захӏмалъи бихьарасда жиндирго бакӏ батула, цӏамул гьир чӏикӏарасда гьацӏул къиматги лъала.\n• Гӏемер гӏодизе ккарав ракӏ-ракӏалъго ве-лъула.\n• Хвел нахъа букӏин лъалес лъикӏлъиялъ хур бекьула.\n• Унесе квалквалги гьабуге, вачӏарасе нодоги букӏкӏунге.\n• Лъикӏав чиясул тушманлъун вукӏин лъикӏ, квешав чиясул гьудуллъун вукӏиналдаса.\n• Рос-лъади рукӏине ккола квераллъунги бераллъунги. Кверал унтулел ругони — берал гӏодула, берал гӏодулел ругони — квераз магӏу бацӏцӏуна.\n• Бусада вегун вугев киданиги гӏодов кколаро.\n• Гӏантав чиясе кидаго нух кьезе ккола.\n• Бажарарабщинаб гьабе, хутӏараб Аллагьасде тӏамун те.\n• Релъи-хъуй бугеб рокъобе бачӏуна талихӏ.\n• Гьимулеб гьурмада чӏор речӏчӏуларо.\n• Къулизе хӏинкъичӏони, витӏун чӏезе бигьалъула.\n• Гӏакъилас авалалдасан байбихьула, гӏабдалас ахиралдасан байбихьула.\n• Инсанасда кӏола гӏодизеги велъизеги. Инсанасухъ буго бокьараб тӏаса бищизе ихтияр.\n• Барщараб пихъ гӏемераб мехалъ цӏунун хутӏуларо.\n• Гӏемераб жо буго рекӏеда гурони, беразда бихьулареб.\n• Нилъеца гьабулеб лъикӏаб иш квешлъия-лъеги батула.\n• Рахӏатаб гӏумру бокьун батани, чияца гьарилалде гьесие лъикӏлъи гьабизе гӏедегӏуге."}
{"slug": "7373-magiarul-liza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7373-magiarul-liza", "title": "Магӏарул Лиза", "date": "2020-03-02 13:05:52", "categories": ["kultur"], "text": "(Цебесеб 6-абилеб номералда)\nЖинда хӏал лъалареб бакӏалде ин гьелъги, гьейго гӏадал цогидал гӏолилазги тӏаса бищана, мугӏрузул улкаялда мугӏалимзабазде цӏакъго хӏажалъи букӏинги хӏисабалде босун.\nДагъистаналде гьеб къокъаялдаса 15 чи унев вукӏана. Гьезда гьоркьор рукӏана, гьайги малъун, лъабго ясги. Цоги-цоги бакӏаздасаги рукӏана республикаялде гьедин ритӏун рачӏунел мугӏалимзаби.\nЛизаца бан букӏана 16 сон. Гьеб ригьа-лъул гӏолилазухъа бажарула хехго хӏукмаби къотӏизе, захӏматал ишазде гъорлъе хӏинкъичӏого лъугьине, жидеда лъаларелъул бигьаго хӏалбихьизе. Бищунго тавакалаб ригь буго гьеб, кӏудиял гьунаралги гьаризе рес бугеб, кӏудияб гъалатӏги ккезе хӏинкъи бугеб. Гӏумруялъул хӏалбихьиго гӏадин, хӏинкъиги, вас-васдиги, нахъе къазе нигатги букӏинчӏо гьелъул.\nРиидалил къоял тӏаса камуралгӏан гӏолилалъул пикрабазулъ цӏикӏкӏун цебе бачӏунеб букӏана жиндие насибаб Дагъистан — лъалареб, бихьичӏеб, балъгояб мугӏрузул улка. Гӏицӏго тӏадаблъун гьабураб болжал Дагъистаналда тӏамизе букӏана гьелъул анищ. Цинги ракӏалда букӏана тӏадюссинеги.\nЦокӏалаб, чӏамучӏаб, ругьунаб шагьаралъул гӏумруялъулъ кьучӏаб хиса-баси бокьараб тӏаса бищи, балъголъиялде тӏамулеб гали букӏана Лизал гьеб. Заман букӏана додинаб, гӏолилазе цӏилъи анищаб, лъугьа-бахъунелъулъ цебесеб бакӏ кквезе гьел гӏедерал.\nЦебе букӏинесеб ва хадуб ккезесеб гьелда лъалароан, инсанасе гьединаб лъай кьун гьечӏелъул. Амма лъалаан гӏурус адабияталъул машгьурал устарзабазул асаразулъ жиндир бицунеб гӏажаибаб Кавказ. Маргьабалъ рехсолеб балъголъабазул гъамас гӏадаб, тӏабигӏат берцинаб гӏалхул ракьлъун, церетӏеялъулъ нахъа хутӏарал, лъавукълъиялъул бецӏлъукье ккарал гӏадамазул улкалъун цебечӏезабун букӏана гьелъ Дагъистан. Магӏарулал лъаялъул канлъукье рачине анищги букӏана.\nЩвана тӏаде бихьизабураб болжал. Кодоб чемодангун, Елизавета Семенюк яхана поездалде. Пикрабаз кӏвекӏулаго, поездалъ кӏикӏулаго уней йикӏана гӏолохъанай мугӏалим, жий цӏализаюраб, жиндие махщел кьураб Советияб пачалихъалда цебе жиндирго налъи тӏубазе.\nКиндай гьай къабул гьайилей мугӏрул гӏадамаз? Рекӏее парахалъи щвеладай Дагъистаналда? Щибдай гьалъие хъван бугеб къисматалъ? Суалал гӏемерлъулел рукӏана. Жавабал жеги рукӏинчӏо.\nГъираялда балагьулей йикӏана Лиза поездалъул гьитӏинаб гордухъан бихьулеб кӏудияб улкаялъухъ. Цӏиял бакӏал рихьулелги лъалелги рукӏана гьелда. Щвана Чачаналдеги, лъугьана Дагъистаналде жаниеги. Гӏадатияб гуреб жо гьелда поездалдасан гӏемер бихьулеб букӏинчӏо сверухълъиялда. Лъугӏел гьечӏел долго авлахъалги, маххул нухги, поезда-лъул цокӏалаб кӏутӏиги… Кибе тӏагӏараб доб гӏажаибаб мугӏрузул улка? Кида гьалда бихьулеб унго-унгояб Дагъистан?\nСвакарай, макьихарай гӏадан щвана Лиза кватӏараб сардилъ Махӏачхъалаялъул вокзалалде. Цӏиял мугӏалимзабазда дандчӏвай гьениб гьабуна ва сордо базе бакӏ бихьизабуна, гьединаб тӏадкъайгун вачӏарав дагъистанияс. Шагьаралъул хӏакъалъулъ кинабгӏаги пикруго бачӏинчӏого, бугелда гӏейги гьабун, вокзалалда гӏагарлъухъго букӏараб цо минаялъуб бана сордо.\nРадал бакъуца сверухълъи лъикӏго кунчӏизегӏан тӏадеги яхъинчӏо. Бусадаса яхъарайго бихьана гьелда шагьаралда цебе бугеб ралъад. Гьурмада багъана ралъдал гьогьен.\nГьенисан, Каспий ралъдал рагӏалдасан байбихьана Лизае унго-унгояб Дагъистан. Къватӏие яхъиндал ва гӏадамал рихьидал, тӏубанго щулалъана батӏияб дунялалде ккеялъул рахъалъ пикру. Батӏи-батӏиял рихьана гӏадамазул ретӏа-къай, мацӏал, ахӏвал-хӏал. Чанго къо бана тахшагьаралда. Жалго гӏадин рачӏарал, цоги мугӏалимзабиги лъана.\nГӏурус мугӏалимзабазда Дагъистаналъул просвещениялъул халкъияб комиссариаталда бицана, хъвазе-цӏализе лъангутӏиялде данде республикаялда рагъ балеб букӏиналъул ва «ликбезалъул» нухда церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ.\n«Жагьиллъиялъул бецӏал кьурабаздаги къварилъабаздаги нур базабулел лъаялъул чӏораллъун лъугьине ккола нуж дагъистаниязе!» — ян букӏана гьалбадерие кьолеб аслияб насихӏат. «Кинаб лъаялъул чӏор дун йикӏуней, жидерго хаслъи бугеб, некӏсияб халкъалда нур базабизе? Дунгоги хӏенехӏ йиго, сонги партаялда нахъа йикӏарай…», — ан рачӏунел пикрабаз, Лиза щаклъизецин лъугьана, хӏукуматалъ цебе лъураб масъала тӏубан бажариялда.\nГӏакълу гьеб захӏмалъиялде данде ургъулеб букӏаниги, ракӏалъ гӏолилай ахӏулей йикӏана мугӏрузде, бецӏал къварилъабахъги согӏал кьурабалъги жиндирго бажариялъул хӏалбихьизе. Гьелъ тӏаса бищана бищунго захӏматаб рахъалде, магӏарухъе ин. Чанго гьалмагъги Лизаги гьебго къоялъ щвана Буйнакск шагьаралде.\nДагъистаналъул тахшагьарлъун 1921 соналде щвегӏан жиб букӏараб гьеб шагьаралда базе кколаан сордо. Гьединлъидал рес щвана, цебесеб цӏар Темир-Хан-Шура букӏараб, Буйнакскиялъухъ тӏаса-масаго балагьизе.\nМахӏачхъалаялдаса гӏемерго батӏияб Дагъистаналъул цоги шагьар бихьана Лизада. Гьелъул балагьиялъукьа ва пикруялъукьа борчӏичӏо, гьениб гӏумру гьабулел гӏадамазда гъорлъ миллияб хаслъи ккурал, жидерго мацӏазда кӏалъалел, бусурбанаб диналда гӏамал гьабулел чагӏи цӏакъго гӏемерал рукӏин.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7389-magiarul-bechel-i-raguleb-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7389-magiarul-bechel-i-raguleb-bajram", "title": "Магӏарул бечелъи рагьулеб байрам", "date": "2020-03-03 06:49:50", "categories": ["obshestvo"], "text": "Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул къоялда хурхун гьабулеб иргадулаб фестиваль букӏана араб шамат къоялъ Махӏачхъалаялда. Авартеатралъул минаялъуб тӏобитӏараб, тӏолалго магӏарулазе гӏахьалаб гьеб байрамалъ исанаги данде ракӏарана нилъер халкъалъул миллиябщинаб бокьулел.\nМагӏарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ, мугӏалимзабазул ва магӏарул басмабазул ассоциацияз гӏуцӏараб гьеб тӏобитӏизе квербакъана Авартеатралъги. Санайилго гӏадин, гьениб гӏахьаллъи гьабуна магӏарул мацӏалда рахъулел газетазулгун журналазул коллективаз, басмаханабаз, жидерго кверзул махщалил къайигун рачӏун рукӏана Унсоколо, Хунзахъ районазул махщелчагӏи, магӏаруллъиялъул берцинлъи рагьулел суратал рихьизе лъун рукӏана Шамил Шангереевасул турфирмаялъ. Фестиваль тӏобитӏизе байбихьаралдаса гӏадатлъун билълъухъе, миллияб ратӏлилъ рачӏун рукӏана киналго гӏахьалчагӏи ва гӏемерисел гьалбал.\nБайрамалъул майданлъун лъугьараб театралъул жанахӏалъур дандчӏвалел рукӏана, магӏарулазул байрам гӏагараблъун лъугьарал, батӏи-батӏияб миллаталъул вакилзабигицин.\nФестиваль рагьиялъул бутӏаялдаги гӏахьаллъун, Дагъистаналъул тӏалъиялъул рахъалдаса баркиялъулаб кӏалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул министр Энрик Муслимовас.\nДагъистаналъул киналго миллатаз жидерго мацӏал цӏуниялъе гьабулеб хӏаракатчилъи цӏикӏкӏун кӏвар кьезе мустахӏикъаб бугин абуна байрам баркулаго Магӏарулазул автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас.\nХадубккун, бакъанил заман щвезегӏан, гьитӏичал, цӏалдохъаби ва мугӏалимзаби гӏахьаллъараб жиде-жидер программа бихьизабуна «Аварал» абулеб гӏолилазул гӏуцӏиялъ ва Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъ.\nФестивалалда гӏахьаллъиялъухъ баркалаги загьир гьабун, Магӏарул басмабазул ассоциациялъул рахъалдаса Мухӏамадрасул Гӏумаровас сайгъатал кьуна магӏарул мацӏалда рахъулел газетазулгун журналазул редакторзабазе.\nТӏубараб къоялъго халатбахъараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана магӏарулазул адабияталъулгун маданияталъул хаслъи, миллияб бечелъи рагьулеб чанго батӏияб рахъ.\nАраб соналъул хӏасилалги гьарун, Магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ шапакъаталгун сайгъатал кьуна миллаталъе пайдаял ишал гьарурал жамгӏиял хӏаракатчагӏазе, маданияталдагун адабияталда, тарихиябгун лъай кьеялъул бутӏаялда лъикӏаб лъалкӏ толезе (45 чиясе).\nШапакъатал щваразул мухъилъе исана ккана «Хӏакъикъат» газеталда хӏалтӏулел ункъоялги: къокъаб заманалда жаниб халкъалъе загьираб чӏаголъиялда газеталъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъухъ — бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов; гӏемерал соназ гьоркьоб къотӏичӏого «Сугъралъ» газеталъул редакторлъиялъухъ — Гӏабаш Гӏабашилов; магӏарул журналистикаялда лъолеб бутӏаялъухъ — Патӏимат Султӏанмухӏамадова; «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» тӏехьалъухъ — Патӏимат Гьитӏинова.\nМагӏарулазул регионалияб автономиялъ бихьизабураб бищунго тӏадегӏанаб «Миллаталъул чӏухӏи» шапакъат исана кьуна Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевасе, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, меценат Мухӏамад Сагӏадулаевасе, тарихалъул гӏалимчи Шагӏбан Хӏапизовасе (Маркъо Шагӏбанов).\nШапакъатал кьолеб бутӏа берцин гьабуна гьунар тӏокӏал магӏарул кочӏохъаби, кьурдул ва фольклоралъул коллективал программаялда гӏахьаллъиялъ.\nТӏубараб къоялъ халатбахъараб гьеб байрамалъе ахир лъуна «Булбулалъул кечӏ» спектаклялъ. Киназего хирияв Хӏусен Казиевас аслияб роль хӏалеб гьеб спектакль букӏана Авартеатралъ фестивалалде рачӏаразе гьабураб унго-унгояб сайгъат."}
{"slug": "7390-magiarul-bechel-i-raguleb-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7390-magiarul-bechel-i-raguleb-bajram", "title": "Магӏарул бечелъи рагьулеб байрам", "date": "2020-03-03 07:16:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏедегӏун унел рукӏана магӏарулал Авартеатралде, миллаталъул мацӏалъулги, маданияталъулги, адабияталъулги гъасда гьелегьараб цӏадул хинлъиялъухъе. Киса-кибего рагӏулеб гӏагараб каламги, кванил гьуинал махӏалги, кьабулеб къалиги, пулеб зурмаги — гьеб киналъго рекӏелъ рещтӏинабун букӏана талихӏалъул асар.\nЛъицаха нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизе бугеб, нилъецаго майилан кьечӏони? Гьеле гьединаб, гьеб къоялъ театралда гӏадаб чӏаголъи букӏуна магӏарухъ кидаго. Гьеб чӏаголъиялъулъги чӏагоял тӏугьдуллъун рукӏуна лъималги.\nКаламалъул пасихӏлъиялъ пана гьаруна\nГьеб къоялъги доб гъанситухъ бищунго канал цӏадул хӏенхӏаллъун рукӏана школазул цӏалдохъаби, ясли-ахазул гьитӏичал. Байрамалдаго нур базабуна гьезул церерахъиназ.\nФестиваль байбихьилалде церегӏанго къояз, «Аварал» абулеб гӏолилазул гӏуцӏиялъ жамгӏиял гьиназда бугеб жидерго гьумералдасан лъазарун рукӏана лъималаз кучӏдул пасихӏго рекӏехъе цӏалиялъул къецал. Гьенир гӏахьаллъана лъабго ва цӏикӏкӏун сонал ругел лъимал.\nРехсарал къецазул хӏасилал гьаруна гьеб байрамалъулаб къоялъ Авартеатралда. Финалалде рорчӏарал лъимал жидерго гьунаргун фестивалалъул гӏахьалчагӏазда ва гьалбадерида цереги рахъана.\nБайрамалъул гьеб бутӏа балагьаразул ракӏазе кӏудияб асар гьабиледухъ нухда бачана гӏолохъанав шагӏир Рамазан Халидовас. Миллияб парталги ретӏун, гьев цеве вачӏиндал, цебе лъураб гӏадин ккана тӏолабго магӏаруллъиго. Рорхатал мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабулел пахруял ва чӏухӏарал цӏумазда релълъарал дир миллаталъул гӏолилазул тӏадегӏанлъиялдасаги борхалъиялдасаги йохизе бачӏана гьеб лахӏзаталъ. Кинха йохиларей мугӏрул ахадасан чвахун унел гӏисинал лъаразул бацӏцӏадаб ва роцӏараб чилиялда релълъун гӏолилас бицунеб магӏарул мацӏалдаса?\nГьединабго гъира-шавкъгун рикӏкӏунел рукӏана лъималазги кучӏдул.\nКъецалъул хӏасилал гьарун хадур, тӏоцересел бакӏал ккуразе ва призеразе Магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул рахъалдасан кьуна сайгъаталги.\nБайрамалъул хадусеб бутӏа нухда бачана республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ ва Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Сарат Мухӏумаевалъ. Цере рахъана магӏарул районаздаса ва батӏи-батӏиял шагьараздаса учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективал. Цо дарс кьезе гуребги, кьурдизеги, кучӏдул рикӏкӏинеги, ахӏизеги, ролал хӏазеги жидерго бугеб махщел бихьизабуна гьез. Щибаб коллектив мустахӏикъаб букӏана тӏадегӏанаб рецц-бакъалъе. Гьединго байрамалъул гӏахьалчагӏазе музыкалияб салам кьезе рес щвана исана Хунзахъ тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул учительзабазул ункъабилеб руцӏцӏеналда цересел бакӏал росарал Унсоколо районалъул ва Махӏачхъала ва Каспийск шагьаразул школазул магӏарул мацӏалъул учительзабазул коллективазе.\nХадурагӏи\nДунгоги ккола магӏарул мацӏалъул дарсал кьолей учитель. Дицаги малъула цӏалдохъабазда, кучӏдул рикӏкӏунелъул тӏадчӏей гьабизе бокьараб бакӏалда, кверзул ишан гьабизе. Гьедин цо-цо рекӏел хӏал, асар загьир гьабизе ккаралги бакӏал рукӏунелъулха. Амма гӏемерисел церерахъиназулъ, кколелъурги кколарелъурги лъималаз кверал хьвагӏизари цӏекӏлъиялде сверулеб букӏана. Гьезул кверазухъ хал гьабулаго, кочӏол рагӏабазухъ гӏенеккизе регӏизе толел рукӏинчӏо. Дица лъималазде щибго гӏайиб гьабуларо. Гьезда кучӏдул пасихӏго цӏализе малъулел учительзабазде буго гьари – кочӏол тӏагӏам хвеледухъ, хьвагӏдезе тӏамуге цӏалдохъаби!"}
{"slug": "7391-milliyal-matsiazde-khasab-rokigun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7391-milliyal-matsiazde-khasab-rokigun", "title": "Миллиял мацӏазде хасаб рокьигун", "date": "2020-03-03 07:26:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исана февраль моцӏалъул 22-23 къояз Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абураб цолъиялда тӏоритӏана рахьдал мацӏазул рагьарал дарсал.\nНаида Гӏусмановалъул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб гьеб ишалда гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул ва Кавказалъул тӏолалгоялде гӏунтӏун миллатазул вакилзабаз.\nМиллиял мацӏазул мугӏалимзабаз бицана жиде-жидер халкъалъул, гӏадат-гӏамалалъул, рукӏа-рахъиналъул. Гьединал дарсаз умумузул лъикӏабщинаб цӏуниялъе квербакъулин абуна гьенир данделъараз.\nН. Гӏусмановалъ бицана рахьдал мацӏал малъиялъул бугеб кӏваралъул, гьелдалъун миллияб маданият, тарих, адабият лъазабизе бугеб ресалъул хӏакъалъулъ.\nАвар мацӏалъул мугӏалим Мухӏамад Хӏамзатовас бицана гьеб мацӏалда дарсал кьезе Санкт-Петербургалда байбихьараб куцалъул, рехсана гьенир цӏалулел рукӏарал батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабазул цӏарал. Гьезул чангояс хъварал сочинениял рахъун рукӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги (21.02. 2020. № 7).\nСочинениял хъван рукӏана «Магӏарул мацӏ лъазабизе щай дида ракӏалде ккараб?» абураб темаялда тӏасан.\nГьениб авар мацӏ лъазабулев Мексикаялдаса Ахӏмад Гонсалесица рекӏехъе цӏалана Расул Хӏамзатовасул «Къункъраби» кечӏ. Магӏарул мацӏ лъазабулезул цояй, Марияца цӏалана Расул Хӏамзатовасул «Эбел» абураб кечӏ. Данделъаразе рекӏее гӏуна яцал Гюльшан ва Вера Санаялги церерахъин.\nДандеруссиналда бицана «Дагъистан» цолъи гӏуцӏарав Гӏисахӏажи Гӏусмановас чӏезарун ругел шартӏазулги.\nАхиралда, ретӏун чухъагун, рачлихъ бан ханжаргун цеве вахъарав гьитӏинав гӏахьалчи, Чӏиркъатӏаса Мухӏамад Гӏумаровас цӏалана «Малъе, эбел, рахьдал мацӏ» абураб кечӏ."}
{"slug": "7392-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7392-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-03-03 07:33:43", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа А. Сагӏитбеговас цӏехолеб буго: «Дун ккола, гьоркьоб заман биччачӏого, 42 соналъ школалда учительлъун хӏалтӏарав чи, РФялъул мустахӏикъав учитель. Дир пенсиялде тӏаде, гьеб стажалда ва цӏаралда рекъон, бачӏунеб гӏарац букӏунищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул комитеталъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:\n— Гьоркьоб заман биччачӏого 20 яги 25 соналъ хӏалтӏарав учителасе пенсия цӏикӏкӏинабизе ккола. Гьеб стажалда гьоркьобе уна декретнияб отпускги армиялда ва сакъатав чиясда хадуб хъулухъ гьабураб заманги. Амма пенсия, цӏикӏкӏинабуларо. Пенсионерасе кьола пенсиялъулаб лъабго балл. 2020 соналда цо баллалъул багьа бахинабуна 93 гъурщиде, лъабго баллалъул хӏисаб гьабун, 279 гъурущ!\nКигӏан бокьичӏониги абила, «РФялъул мустахӏикъав учитель» абураб цӏаралъухъ пенсиялде тӏаде бачӏунеб гӏарац букӏунаро. Амма 35 сонил стаж бугел руччабазулги 40 сонил стаж бугел бихьиназулги рес букӏуна, «РФялъул мустахӏикъав учитель» абураб цӏаралдаса пайдаги босун, «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏар тӏалаб гьабизе. Гьеб цӏар бугел чагӏазе рукӏуна саламатал бигьалъаби.\n«Боцӏуда бруцеллез ва цогидал рахунел унтаби ругищали лъазе, ихдал гуреб, хаслихъе бахъизе кколин бийилан абулеб рагӏана. Щайгурелъулила, ихдал боцӏи букӏунила хӏалакъго. Гьеб суалалда бан, экспертазул пикру лъазе бокьилаан».\nГьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул ветеринарияб управлениялъул эпизотолог Мухӏамад Гӏумаровас:\n— Рахунел унтаби ругищали лъазе боцӏудаса би бахъизе бегьула бокьараб заманалда. Ихдал би бахъиялъе бугеб гӏилла ккола гьеб гӏужалъ боцӏи хӏалакъго букӏин, гьединлъидал, би бахъулаго бетӏергьанчиясе бигьаяб букӏуна хӏайван ккун чӏезабизе. Нижер районалда, хасаб планалда рекъон, боцӏудаса би бахъула январь-февраль-март моцӏазда, ай боцӏи магӏер-гӏалахалде иналде.\nГьал суалазе жавабал кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас:\nГъизляр шагьаралда гӏумру гьабун йигей Мухӏамадова Муслиматица цӏехолеб буго: «Токалъул налъи гьечӏин абураб справка бихьичӏого, коммуналияб гӏарац кьолеб гьечӏо. Гьеб кколарищ закон хвезаби?»\n— РФялъул Пачалихъияб Думаялъ тӏоцебесеб цӏалиялда къабул гьабураб законалъул проекталда рекъон, тӏокӏалъ ракӏаризе кколаро коммуналияб бигьалъи щвеялъул мурадалда налъи гьечӏин абурал справкаби. Налъилъун рикӏкӏине буго коммунальщиказ гьеб судалда хӏужабаздалъун чӏезабуни. Судалъул хӏукму гьечӏищ, мун киназдаго цеве вацӏцӏадав чи ккола.\nГьеб законалъул проекталъул рахъ ккуна Пачалихъияб Думаялъул 403 депутатас. Законопроекталъул кӏиабилеб ва лъабабилеб цӏали букӏине буго марталда, жибго закон хӏалтӏизе буго 2020 соналъул апрелалдаса байбихьун.\n«Лъикӏаб пенсия бачӏине ккани, стажалъе чан сон гӏезе кколеб бихьиназе ва руччабазе?»\n— Законалда рекъон, 2020 соналда херлъиялда бан кьолеб страховияб пенсия чӏезабиялъе къваригӏуна 11 сонил захӏматалъулаб стаж. Пенсиялъул цӏияб реформа къабул гьабиялда бан, 2021 соналда гьелъие къваригӏине буго 12 сонил стаж, 2022 соналда – 13, 2023 соналда – 14 ва 2024 соналда – 15 сонил стаж. Захӏматал хӏалтӏабазда ругел чагӏазе гьеб рахъалъ саламатаб бигьалъиги букӏуна.\nПенсия чӏезабулаго хӏисабалде босула гӏаммаб стаж, амма захӏматалъул стаж цӏикӏкӏараб бугин абун, пенсия цӏикӏкӏинабуларо.\n«Дир буго щуго лъимер ва нижер хъизамалъул буго ункъогун бащдаб сотих ракьул бутӏа. Минаялда цебеги буго кколелдаса лъабго сотихалъ цӏикӏкӏараб гӏатӏилъиялъул ракъ. Дир ихтияр бугищ гьел участкаби чӏорого росизе?»\n— 2017 соналъул 19 декабралда бахъараб «ДРялъул ракьул хӏакъалъулъ» абулеб законалъул №9 статьяялъул кӏиабилеб бутӏаялда хъван буго, лъабго ва цӏикӏкӏун лъимер бугел гражданазул ихтияр бугин чӏобого ракьул участкаби росизеян абун. Амма чӏезабизе ккола мина-рукъалъул шартӏал лъикӏлъизариялде ккараб хӏал букӏин, хадуб хъвай-хъвагӏай гьабизе ккола гьединал хъизамазе гӏуцӏараб муниципалияб иргаялда.\nРФялъул щибаб субъекталъ чӏезабула гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе чӏобого кьолеб ракьул бутӏаялъул гӏатӏилъи. Гьеб бараб букӏуна гьединаб хъизамалъ гӏумру гьабун бугеб муниципалитеталъул ресалда. Гьелдаго бараб букӏуна ракьул бутӏаялъул бакӏалда кьолеб гӏарцул компенсациялъул роценги.\nКъваригӏунел документал:\n• Ракь кьеян абун хъвараб гӏарза;\n• Хъизамалъул щивав чиясул документал (паспортал, лъимал гьариялъул хӏакъалъулъ свидетельстваби);\n• Лъимал гӏемераб хъизамалъе ракьул бутӏа чӏобого босизе ихтияр бугин абурал документал (социалияб рахъалъ цӏуниялъул идараялдаса босараб лъимал гӏемераб хъизамалъул статусалъул хӏакъалъулъ справка, квартира щвеялъе иргаялда рукӏиналъул хӏакъалъулъ справка);\n• Ракьул бутӏа бугеб бакӏалъул схема."}
{"slug": "7393-putinitsa-giadakh-rosaral-spravedlivaya-rossiyal-ul-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7393-putinitsa-giadakh-rosaral-spravedlivaya-rossiyal-ul-pikrabi", "title": "Путиница гӏадахъ росарал «Справедливая Россиялъул» пикраби", "date": "2020-03-03 07:46:56", "categories": ["obshestvo"], "text": "26 февралалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана «Справедливая Россия» партиялъул республикаялда ругел вакилзабазул гӏахьаллъигун пресс-конференция.\nГьеб партиялъул ДРялъул Халкъияб Собраниялда бугеб фракциялъул нухмалъулев Камил Давдиевасул рагӏабазда рекъон, гьезул бищун тӏоцебесеб тӏалаб ккола 2018 соналда улкаялда къабул гьабураб пенсиязул реформаялдаса инкар гьаби.\n«Байбихьудаго ниж гьеб реформаялде дандечӏун рукӏана. Амма Пачалихъалъул Думаялда нижер ахӏухъ гӏенеккулел чагӏи къанагӏат рукӏана ва «Единая Россия» партиялъул вакилзабаз рахъги ккун, гьеб къабулги гьабуна.\nГьанже улкаялъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе президентас кьураб ресалдаса пайдаги босун, нижеца тӏалаб гьабулеб буго халкъалъе данде кколареб гьеб реформа тӏубанго нахъчӏвайилан», — абун бицана Давдиевас.\n«Справедливороссаз» тӏалаб гьабулеб буго хӏалтӏулел ва хӏалтӏуларел пенсионеразе кьолеб гӏарац цӏикӏкӏинабиги. Гьеб суал президентас борхана Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏабалдаги.\n«Путиница абулеб буго щибаб соналъ цӏикӏкӏинабизегӏан течӏого, лъагӏалида жаниб цо чанго нухалда цӏикӏкӏинабейин пенсионеразе кьолеб гӏарцул къадарилан. Гьеб буго цебеги Пачалихъияб Думаялда чанцӏулго борхараб суал, амма гьелъул рахъккун букӏинчӏо. Гьанже президентас жинцаго цебе лъуна гьеб масъала», — ян абуна Камил Давдиевас.\n«Справедливая Россия» партиялъул вакилзабаз тӏалаб гьабулеб буго лъай кьеялъе ва сахлъи цӏуниялъе бюджеталдаса биччалеб гӏарац анкьго проценталдаса дагьаб букӏунгутӏиги.\n«Халкъалъул сахлъи цӏуниялде кӏудияб кӏвар кьезе бугинги абун, хӏукуматалъ хӏисабалде босулеб гьечӏо гьелъие биччалеб сурсаталъул гӏей-гӏунгутӏиялъул суал. Халкъ сахго букӏине ккани, гьелда тӏад харж гьабулеб гӏарацги мукъсанаб букӏине бегьуларо. Халкъалъе лъикӏаб лъайги, чӏобого гьабулеб медицинаялъулаб кумекги букӏине кколин ахӏи бала нижеца. Амма гьеб кӏиябго бутӏаялда хурхун къабул гьабураб кӏиго реформа букӏана сахлъи цӏуниялъулги лъай кьеялъулги иш кӏалагъоркье чӏвазабизе ургъараб. Гьеб ахӏвал-хӏал хисизабизе къваригӏун буго чара гьечӏого», — ян абуна К. Давдиевас.\nЭбелалъул капитал гӏолохъанал эбел-инсухъе бигьаго щолеб къагӏида ургъизеги къваригӏун буго «справедливороссазе».\n«Лъабго соналъ гьеб щвеялъухъ ралагьун чӏезаричӏого, тӏоцебесеб ва кӏиабилеб лъимер гьабурабго, гьеб гӏарац эбел-инсуе къваригӏараб бакӏалде хӏалтӏизабизе щай кьолареб? Масала, мина баялъе батаниги, лъимералъе хӏажатаб цогидалъе батаниги, гӏарац тӏоцебесеб соналъго кьезе ккола хӏалтӏизабизе», — илан абуна гьес.\nБайбихьул классазда цӏалулел школлъималазе хинаб къадеквен кьезе букӏиналъул хӏакъалъулъ президентас жиндирго хитӏабалда бицараб пикруги жидер партиялъул тӏалаб букӏанин тӏаде жубана Давдиевас.\nГьес бицаралъул хӏисаб гьабуни, ахирисеб хитӏабалда Владимир Путиница рорханщинал суалал кколел руго «Справедливая Россиялъул» гъасда рижарал пикраби."}
{"slug": "7394-giammab-khaginire-raral-shchakalgo-g-urshchal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7394-giammab-khaginire-raral-shchakalgo-g-urshchal", "title": "«Гӏаммаб хьагинире» рарал щакалго гъурщал", "date": "2020-03-03 08:03:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахир пашманлъулел пирамидаби\nГьал къоязда социалиял гьиназда ва Вотсапалда тӏибитӏун буго бигьаго гӏарац щолеб пуланаб хӏай. «Чӏегӏераб касса» яги «Гӏаммаб хьаг» абун цӏарал лъураб хӏай гӏуцӏун буго пирамидаялъул къагӏидаялда. Хӏаялъулъ гӏахьаллъизе бокьараз пуланав чиясул банкалъулаб картаялде рехула 2400 гъурущ. Бигьаго гӏарац щвезе бокьарас валагьизе ккола живго гӏадин хӏаялда гӏахьаллъизе бокьарав чанго чи. Къокъабго заманалда жаниб 2400 гъурщил бакӏалда микьго нухалъ цӏикӏкӏун (19200 гъурущ) тӏадбуссинабулин рагӏи кьолеб буго гьеб хӏай гӏуцӏараз. Цӏиял гӏахьалчагӏи ралагьизе кӏвечӏони, 2400 гъурущ кьурав хутӏулев вуго хьул лъураб 19200 гъурущги щвечӏого. Жинцаго кьураб гӏарацгицин тӏадбуссинабизе гьесул рес букӏунаро.\nХӏаялда щиб цӏар лъуниги, пирамидаялъул гӏадабго ахир кколин гьелъулилан хъвалеб буго Инстаграмалда бугеб жиндирго блогалда предприниматель Мурад Алискеровас. Тӏад буссине рес гьечӏеб бакӏалде гӏарац кьечӏого цӏодорго рукӏайин лъазабулеб буго гьес гӏадамазда.\nГьев предпринимателасде гӏайибазул «гъегъги» балеб буго хӏаялъул гӏахьалчагӏаз. «Гӏадамал махсараде кколеб пирамида бугин гьебилан дуца хъвайдал, хӏаялда гӏахьаллъизе бокьаразцин инкар гьабулеб буго. Гьелдалъун хӏаялда гӏахьаллъулел гӏарацги щвечӏого хутӏулел руго», — ян хъвалелги камулел гьечӏо.\nХӏиллачилъиялъухъ тамихӏ\nГьеб хӏаялда гӏахьаллъаразул гӏемерисел рохунги гьечӏо. Хасго росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазда гьоркьоб дагӏба-рагӏи кколеб буго. Цӏиял гӏахьалчагӏи ралагьизе бажаричӏолъиялъ, цебеккун картаялде гӏарац рехаразулгун лъикӏаб гуреб хабарги кколеб буго.\nПирамида хӏисабалда гӏуцӏарал гьединал жалазул кумекалдалъун Россиялда гӏадамал гуккиялъул мисалал цереги гӏемер рукӏана. Гьезда гьоркьоб дунялалдаго машгьурлъараб ва 15 миллион чи гуккараб «МММ» абураб финансовияб пирамидаги жеги кӏочон батиларо халкъалда. С. Мавродица ургъараб хӏай сабаблъун 50 чи живго жинцаго чӏваялъул хӏужабиги ккун рукӏана. Дагъистаналдаги чанго уголовнияб дело гьабун букӏана гьеб сабаблъун.\nГьанжейин абуни, хехго бечелъулеб къагӏида ургъи гуребги, «пирамида» гӏуцӏарал хадур гъун руго уголовнияб тамихӏалдаса жалго цӏуниялъул рахъалдеги. Гӏадада гуро щивас сбербанкалъул картаялде рехизе бегьулеб гӏарцул къадарги 2400 гъурущ тӏаса бищун бугеб. 2500 гъурщидаса дагьаб къадаралда гӏарац бикъарасе яги махсараде ккурасе, законалда рекъон, уголовнияб тамихӏ гьабуларо. Гӏемерисеб мехалда гӏицӏго административияб тамихӏалде цӏан тола.\nЛъазе ккола 1000-2500 гъурущ бикъарасда гӏакӏа къотӏулеблъи яги 10-15 сордо-къоялъ туснахъ гьавулеблъи. Чанго нухалда гьединабго цӏогь яги хӏилла-рекӏкӏ такрар гьабурал уголовнияб тамихӏалде цӏазеги рес буго. Гьединал хӏужабийин абуни цӏакъ къанагӏат гурони кколаро. Захӏмат бихьичӏого щолеб гӏарцуде хьул лъураз гьелъулги хӏисаб гьабун батиларищха.\nМунагьалде цӏала бигьаял гъурщаз\nКазахстаналда ургъарабин абулеб гьеб хӏай ахираб заманалда нилъер улкаялъулги гӏемерисел субъектазда тӏибитӏун буго. «Чӏегӏераб касса» хӏаялъул хӏасил ахиралде щведал гӏарзахъдулел чагӏиги гӏезегӏан рукӏине ругин рикӏкӏунеб буго юристаз. Хӏаялъул гӏахьалчагӏи дагьлъидал, финансазул пирамидаго гӏадин, гьелъул хӏалтӏиги биххичӏого букӏинаро. Гьединлъидал, хӏаялъул ахиралда гӏарац кьуразда бичӏчӏизе буго жал махсароде ккураллъи.\nЩибго къо бихьичӏого бечелъизе бокьаразул рахъалъ щибха абулеб исламияб диналъ? Масала, свалат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул хӏадисалда буго нагӏана бугин рибаялъул гӏарац кванаразеги, рибачиясеги, гьеб босулелъул нугӏлъи гьабулезегиян абун. Хирияб Къуръаналдаги буго (магӏна): «Аллагьас рибачилъиялдалъун щвараб хайиралда баракат лъоларо, риба гьабун щвараб буголъиги тӏагӏинабула, жиндирго буголъиялдаса садакъаде кьураб жо жеги цӏикӏкӏинеги гьабула», — ян («Бакъара» сурат, 275 аят).\nТӏадехун рехсараб хӏаялъул къагӏидаги рибалъун кколеб буго.\n«Гӏаммаб хьаг» яги «Чӏегӏераб касса» хӏаялъулъ гӏахьаллъулезда чияр гъин кваналел ругин жалилан ракӏалде кколебго батиларо. Амма кида-къадги жаваб кьезе ккезе букӏин кӏоченеги бегьиларо."}
{"slug": "7395-rakaldasa-bergaraj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7395-rakaldasa-bergaraj", "title": "Ракалдаса бергьарай", "date": "2020-03-03 08:07:13", "categories": ["med"], "text": "Гьал къоязда нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна рак унтиялда къуркьизайизе кӏвечӏей, гӏумруялъулги гӏадамазулги къимат гьабизе лъалей, букӏинеселде хьулгун балагьулей Жарият Гӏалиевалъулгун. Гьелъ бицана захӏматаб унтигун жакъа къеркьолей йигеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ.\n— Жарият дулъ рак унти кин тӏатараб, гьелъ кинаб асар гьабураб ва гьелдаса хадуб кин хисараб дур гӏумру?\n— Рак унтиялъ хвана дир лъикӏай гьудул, гӏагарай яс… Черхалъул цониги унтулеб лага яги санагӏат хвезабулеб бакӏ букӏинчӏониги, рак унти бугодай дирилан абун, щаклъи ккана. Халгьабидал, кереналда бугоан гьитӏинабго буцӏен. Тохтурзабаз абуна гьеб онкология бугин ва кӏванагӏан хехго операция гьабизе кколин. Ботӏродаса гъоркье цӏорораб лъим тӏураб гӏадаб асар гьабуна дие кьогӏаб хӏакъикъаталъ, бокьун букӏинчӏо гьелда божизего. Ростовалъул онкоцентралда операция, хадуб Махӏачхъалаялда онкоцентралда радиологиялъул ва химиотерапиялъул процедураби гьаруна. Гьеб согӏаб дару-дарманалдаса хадуб цеве вукӏарав гӏадин чи лъугьунаро. Гьайгьай, гьез дир черх цӏакъ загӏиплъизабуна, иш рагӏалде бакӏарулеб бугилан ккун, дица дунялалъулгун къо-лъикӏ гьабулеб букӏана.\n— Абулаха, химиотерапиялъ хвел гӏагар гьабулин…\n— Битӏараб буго, тохтурзабаз жидецагоги абула, химиотерапиялъ черхалъул сахал клеткабиги чӏвалилан. Химиотерапиялъ хехго хвезавула чорхолъ ракалъул унти бессарав чи. Амма, лъелъ гъанкъулев чияс гьава балагьулеб гӏадин, ракалъ унтарасги тохтурас малъанщинаб гьабула: багьаял дараби хӏалтӏизарула, процедурабазде хьвадула…\n— Унтун йикӏин лъайдал, щиб дуе бищунго захӏмалъараб?\n— Гӏага-божараз, лъалел-хъвалез дида абулел гурхӏелалъул рагӏабаз лъикӏаб асар гьабулароан.\nЛъиданиги лъалароан дие операция гьабураблъи, киназго абулаан дир гьурмал кьер тӏун бугин. Унтуе нагӏанаги кьун, къеркьечӏони, ракалъ чи хехго рехула. Аллагьас дие къуват кьуна, зар букъун, унтиялде дандечӏезе ва гьебгун къеркьезе, квербакъана умумулъанго чорхолъ батараб къвакӏиялъги. Алхӏамдулиллагь, гьеб унтиялъ дун лъадарана ва жеги къуватайлъун лъугьинаюна.\n— Лъиде хитӏаб гьабураб байбихьудаго?\n— Лъалел чагӏаз малъун, саламатал харжалги гьарун, дица тӏоцебе бухьен гьабуна халкъияб къагӏидаялда рак унтиялдаса сахгьарулел чагӏазулгун. Жидеца мун тӏуян сах гьаюлин рагӏиги кьун, гьез дида гьекъезаруна батӏи-батӏиял кьеразулгун махӏазул лъамалъаби, черхалда тӏад рахана мазал… Киналго унтаразе гьезул рукӏана цого «дараби». Гьез хӏисабалде босуларо щивасул черхги унтиги батӏи-батӏияб букӏин. Хӏасил, гӏадада ана лъагӏелгун бащдаб заман, байбихьана чорхолъ рак тӏибитӏизе (метастазы). Рак унтиялъ кӏвекӏулел чагӏазда дица малъила, кӏал хъахӏал харбазда ва сах гьаризе ругин кьолел рагӏабазда божун, вореха, нуж гьел «тохтурзабахъе» унге.\nЩибаб унти сахгьабиялъе Аллагьас инсанасе кьун буго даруяб чӏахӏ-хер. Интернетги рагьун, дица балагьана, гьединго исламияб медицинаялдаса лъазабуна дида данде кколел рак къинабулел чӏахӏал, гьениб малъухъе хӏадурана лъамалъаби ва гьез дие кӏудияб пайдаги гьабуна.\nЖидеца рак унти сах гьабулин абулел «тохтурзаби» ккола, чиясул талихӏ къиналдаса пайдаги босун, жидеего гӏарац гьабулел хӏарамзадаби. Унтарасда лъаларо гьез кьолел лъамалъаби сундул хӏадурарал ругелали, сахлъиялъе гьезул пайдайищ яги заралищ цӏикӏкӏараб бугебали.\n— Дуца абулеб бугоха, ругьунаб медицинаялде хитӏаб гьабизе кколилан.\n— Тӏад калам гьечӏого гьабизе ккола ракӏчӏарав тохтурас малъараб. Гьеб гуребги, хисизабизе ккола гӏумру гьабулеб къагӏидаги. Жиндаго ракӏбухӏи, лъалездеги лъаларездеги гӏарзал гьари ккола гӏамал-хасият загӏипав чиясул пиша ва рак унти чорхолъ тӏибитӏиялъе квербакъи.\nЦохӏо нухалъ, ай тӏоцебе рак унти бугин бициндал, магӏу кквезе кӏвечӏо дида. Москваялда дида абуна, гьуърузде метастаза кьун бугин, гӏумру гьабизе дие лъабго моцӏ хутӏун бугилан. Хадур гьарурал цӏех-рехаз бихьизабуна гьеб метастаза гуреб, радиология-облучение гьабулаго, чӏоразул къуват цӏикӏкӏинабиялъ гьуърузда жанир лъугьарал фибромал рукӏин.\nМоскваялдаса тӏадюссиндал, дирго гӏадаб унти бугей мадугьалалъ дун тӏамуна ункъо-щуго моцӏалъ цӏел цӏияб рахь гьекъезе ва радал яхъиндалги къаси егилалдеги прополис чӏамизе. Гьелдаса нахъе дида эркенго хӏухьел цӏазе кӏвана, хӏехьезе кӏолареб унти сасана, лъим гьекъезе бигьалъана.\nДица тохтурзабаз малъанщинаб гьабулаан, амма гьез хъварал дараби хӏалтӏизаричӏо. Я районалда, я Махӏачхъалаялда, яги Москваялда ругел онкологазухъа бажаричӏо дир гьуърузул унтиялъул диагноз чӏезабун. Гьединлъидал унтарасда дица малъила, цо аппараталъ бихьизабуралда ва цо онкологас чӏезабураб диагнозалда хӏукму къотӏун чӏогеян. Унтул цӏех-рех гьабизе ккола цо чанго аппараталда ва лъабго-ункъониги лъикӏав тохтурасухъеги щун.\n— Унтарасул гӏумру гьабиги къойил тартибги кинаб букӏине кколеб?\n— Аслиял тӏалабал ккола: макьидалъун черх хьезаби, кванил батӏалъиялда ва низамалда тӏадчӏей гьаби, тӏабигӏаталъулгун щулияб гьудуллъи кквей. Масала, химиотерапия ккола черхалъе захӏматаб процедура. Гьелдаса хадуб унтарал палатаялъур регун чӏола, дун абуни, цӏорораб хасалоги, бацӏцӏадаб гьаваги цӏалаго, тӏабигӏаталъул сихӏкъотӏиялъухъ ва чвахулеб лъел сасалъухъ гӏенеккизе рохьоб бугеб гӏурул рагӏалда кӏусизе унаан.\nТохтурас малъана дида накӏкӏирохьилгун гьудуллъи гьабизе, даруял чӏахӏазул чай, накӏкӏитӏамахалъул лъим гьекъезе ва, гьацӏулъги жубан, накӏкӏигъотӏол хӏур хӏалтӏизабизе кколин абун. Хӏаллъана рохьое, гьеб киналъго черхалъе лъугьинабуна дун разияб мадар. Щибаб соналъ кибалиго бугеб санаториялъе 70-90 азарго гъурущ кьезегӏан, унтаразе рес буго нилъер рохьазда чӏорого сахлъизе.\n— Тохтурзабаз хъварал дараби дуца хӏалтӏизаричӏого теялъе гӏилла щиб?\n— Гьел ккола цӏакъ къуватал дараби, гьез дир бетӏер хӏехьезе кӏолареб хӏалалда унтизабула, гьединлъидал дица гьездаса тӏубанго инкар гьабуна. Гьездехун божилъи гьечӏо дир. Ният гьабуна, тӏабигӏиял дарабазул кумекалдалъун, рак унти дицаго сахгьабизе.\nГьайгьай, цӏакъго кӏудияб талихӏ ккола гьеб унти сахгьабун бажарулев тохтур щвей.\n— Гьеб унти ккеялъе аслияб гӏиллалъун щиб дуца рикӏкӏунеб?\n— Лъимерлъудасаго дир черхги сахлъиги загӏипаб букӏана, ахирал соназда дир хӏалтӏи цӏакъго цӏикӏкӏана, гьелъ макьуялъул гӏадлуги хвана. Гьеб киналъулго хӏасилалда дагьлъана черхалъул унтиялда дандечӏей (иммунитет) ва тӏатана рак унти. Гьедин бугониги, ракалъе операция гьабун хадуб, дица кӏиго нухалъ хӏеж борхана. Аллагьасул кумекалдалъун, гьениса юссиндал, дун цӏидасан гьаюрай гӏадин лъугьана.\n— Гьаб захӏматаб заманалда унтуе кинаб цӏуна-къай гьабулеб дуца?\n— Унтуе цӏуна-къай гьабичӏого, нервабазда хӏал гьабуни яги хӏалтӏи гӏемерлъани, берал рагьизе кӏолареб хӏалалда гӏодой ккола. Бищунго захӏмалъула телефоналъ кӏалъазе.\n— Рак нахъе къазабун кин бажарараб?\n— Рак нахъе къалеб унти кколаро, мадар лъугьанин абун, гӏодоре риччан чӏезеги бегьуларо. Унтарав кидаго вукӏине ккола жиндирго чорхол сахлъиялъул хъаравуллъуда ва унтигун къеркьезе хӏадурго. Ракалъе цо нухалъ операция гьабизе бегьула, нахъеги гьеб тӏатин рикӏкӏуна ахиралъул байбихьилъун.\n— Рак унтиялъ кӏвекӏулесе кинаб гӏакълу кьелеб?\n— Нилъер тӏолабго гара-чӏвари рикӏкӏине бегьула дир малъа-хъвайлъун ва кьолеб гӏакълулъун. Эркенаб заманалда дун гӏенеккула Къуръаналъул аятазухъ, бокьула дагьал чагӏи данделъараб бакӏалда умумузул бакъаналда ахӏулеб кечӏ ва кьурди. Жигар бахъула нилъер рухӏалъеги хӏалалъеги бокьулеб бакӏалде щвезе, хасго тӏабигӏаталда хӏухьбахъизе. Къварилъи-зарал ккараб, хвел-хоб тӏобитӏулеб бакӏалде ани, анкьалъги яхъине кӏоларо дида. Рак унти метер-сезе сахгьабилин абун, нахъе тӏамун тезе бегьуларо, тани, гьелъ, цӏадуца хӏе гӏадин, унтарав виинавула.\n— Цӏех-рехазул идараялъги мун ахӏун йикӏанилан бицана…\n— Ичӏго соналъ ракалъ унтаразул сияхӏалда йигей дир хӏал-хӏукму цӏехезе дихъе цониги нухалъ онколог щвечӏо, гьес дун жиндихъегоги ахӏичӏо. Следователасин абуни, дун кӏиго нухалъ ахӏана Махӏачхъалаялда бугеб кинабалиго жалго бетӏергьанал чагӏазул реабилитациялъул централда, хӏукуматалъул гӏемераб гӏарацги хвезабун, дун сах гьайизе тадбирал гьарун рукӏанищилан цӏехезе. Гьелдасан дида бичӏчӏана, гӏадамазул талихӏкъараб хӏалалдаса пайдаги босун, гьединал центраз хӏукумат бечӏчӏулеб букӏин."}
{"slug": "7396-bag-ararab-khiatiida-khiarshch-rekiuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7396-bag-ararab-khiatiida-khiarshch-rekiuna", "title": "Багъарараб хӏатӏида хӏарщ рекӏуна", "date": "2020-03-03 08:16:24", "categories": ["pismo"], "text": "Богатыревкаялда «Хӏакъикъат» газета хъваялъул хӏакъалъулъ бицине бокьун буго. Гьаб макъала хъвалалде цевеги дун щвана почтальоналде аскӏове, гьикъана чан чияс газета хъван бугебилан. Гьелъ кьураб жаваб рагӏидал, расги лъикӏаб хӏалги лъугьинчӏо.\nБогатыревкаялда гӏумру гьабун ругезул гӏемерисел ккола магӏарулал. 600-700 цӏараки бугеб гьеб росулъ хъван буго 9 газета. 2019 соналда хъван букӏун буго 6-яс.\nГазеталдасанги радио-телевидениялдасанги чӏечӏого бицунеб буго гӏолеб гӏелалда рахьдал мацӏ кӏочонеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Кинха гьеб цӏунизе кӏвелеб рахьдал мацӏалда къватӏибе биччалеб газеталдехунцин гьединаб гурони бербалагьи гьечӏеб мехалда. Школаздаги дагь гьарулел руго рахьдал мацӏалъул сагӏтал. Гьабсагӏатги гьечӏо школазда цо чӏараб хӏалтӏулеб форма, хисулебго хисулеб буго лъай кьеялъул программа. Гӏатӏиракьалде вачӏарав цо-цо магӏаруласги абулеб буго гьанже мацӏ хӏажат гьечӏин. Гьединав чиясул лъималазулги букӏинищха магӏарул мацӏалде ва газеталде рокьи. Гьадинаб ахӏвал-хӏалалде ккедал чара гьечӏого хӏажат буго щивав магӏаруласул рокъоб «Хӏакъикъат» букӏине. Цӏакъ бегьулареб хӏалалда чучлъизе тун буго подписка гьабиялъул рахъ. Рагъда хадусел соназ, пенсияги, пособиеги, харжалги щолареб заманалда хъвазе кколаан заемал, кьезе кколаан налогал. Жакъа гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечӏеб заманалда, подписка дагьлъиялъул гӏайиб лъиде рехелебалиги лъаларо. Амма дун колхозалъул бухгалтерлъун хӏалтӏулеб заманалда, 1962 соналда, Лъаратӏа 300 чиясул подписка гьабураб сияхӏги босун индал, гьеб дагь бугинги абун, тӏадеги 200 чиясда гьабизе тӏамулеб букӏана гьеб иш тӏадай хӏакималъ. Гьелъ абухъе гьабизе инкар гьабурав дун дагьалъ хутӏана хӏалтӏудаса махӏрум гьавизеги. Гӏакълу бугев чиясда бичӏчӏизе ккеларищ, гьасги досги тӏамичӏониги, лъималазда мацӏги, тарихги, умумузул магӏишатги лъазе газета хъвазе кколеблъи? Щибго къварилъи гьечӏо, ресги буго, камун буго бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи. Декабрь моцӏалда росдал имам вукӏана щибаб рукъалъул рагьтӏеги вачӏун «Ас-салам» газета хъвазе хӏаракат бахъулев. Багъарараб хӏатӏида хӏарщ рекӏинчӏого букӏунарелъул, «Ас-саламалъул» къадарги 80-ялде бахун буго. Дицаги хъвала «Ас-салам», дун гьелда данде чӏарав чиги гуро, мисалалъе бачунеб буго цогидазда лъан букӏине.\nСоветияб заманалда почтальонал рукӏунаан сумкаги гъажалда бан росулъа росулъе хьвадун газетал рикьулел. Богатыревкаялда, мажгиталда аскӏобго буго почта ва щибаб рузман къоялъ гьенивеги ун газета босизе ресги буго.\nТелефоналдаса ва телевизоралдаса пайда босизе кӏоларел гӏадамазе рекӏелгъеялъе бугеб жо буго магӏарул газета. Дие бокьула рагӏикъотӏ цӏезеги. Щвалде щун цӏезабизе ккани, ваккизе ккола гӏемерал тӏахьазде, журналазде, картаялде. Гьеб гурищ дун гӏадав хӏалтӏи гьечӏев херав чиясе рекӏелгъеялъе бугеб жо. Ахираб заманалдайин абуни гӏемер рахъулел руго церехун нилъер хъвадарухъабаз тӏахьазда, журналазда рахъарал жал. Россиялъул централиял газетазда рукӏуна интересал макъалаби, таржамаги гьабун гьединал харбал рахъани лъикӏаб букӏинаанин ккола дида.\nНилъер республикаялдаса 200-ялде гӏагарун чиновник рагӏула жанив лъун. Щиб сабаблъун гьел жанир лъуралали щай хъвалареб?\nГьанже хъвалеб буго «Хӏакъикъат» газеталъул цӏар хисизе бугин, гьеб абизе захӏмалъулеб бугилан абураб багьанаги батун. Хисизе кколеб батани, дир пикруяда рекъон, лъикӏаб букӏинаан «Тарих» абун лъезе.\nХӏаким цӏияв тӏамуни, хӏалтӏиги цӏилъулин абула, гьелъги батила газеталда хиса-басиял руго. Масала, тӏадбуссана «Бахьикъос», гьебги жеги интересаблъун гьабизе бегьилаан. Палхӏасил, гьадинал пикраби загьир гьаруна, гӏала-гъважа батани, тӏасаги лъугьа."}
{"slug": "7397-chiirk-atiasa-kompyuter", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7397-chiirk-atiasa-kompyuter", "title": "Чӏиркъатӏаса «компьютер»", "date": "2020-03-03 08:38:25", "categories": ["pismo"], "text": "Чӏиркъатӏа росулъа Хӏадисов Мухӏамад вуго хӏикматав инсан. Гӏумруялъул кӏудияб ригьалде вахун вугониги, гӏадан бахилаб рекӏел цӏодорлъиги буго гьесул. Чӏиркъатӏа кканщинал лъугьа-бахъиналги лъала гьесда. Росдал тарихалъе материал бакӏарулаго, гьесдасан гӏемераб кумекги щвана дие. Гӏажаиблъизе ккараб жо, росулъ ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ мухӏканго бицуна къо, моцӏ ва сон.\nМухӏамад гьавуна 1938 соналда. Рагъда хадусел соназ цӏалул ургъел гьабизе регӏулароан хинкӏил ургъел гьабизе ккеялъ ва Мухӏамадица бицуна цӏали гӏемер лъикӏ букӏинчӏин жиндирилан. Бищун захӏматаб гӏелму букӏанила математика. Дол соназ экзаменал кьун гурони тӏасияб классалде рахъунароан. Гьес тамашалъи гьабун бицуна классалда вукӏарав отличникасе гӏурус мацӏалъул экзаменалъе 3 къимат гурони щвечӏеб мехалъ, жиндие 5 къимат щванин. Эбел хвараб соналъ дунял рихун, пикрабазда вукӏунаанила жив ва гьеб соналъ 6 классалда гъоркь хутӏанила.\nКолхозалъул боцӏуе вехьлъиги гьабуна гьес, ахил хъаравуллъиги гьабуна, щиб малъаниги инкарги гьабичӏо. Гьениса щолеб жоги цӏакъ мукъсанаб букӏанила, цӏакъаб хӏалтӏи гьабунила колхозал хвезариянги бицуна Мухӏамадица.\nГьаб дур рекӏел цӏодорлъи кида загьирлъарабилан гьикъидал, гьес абуна 1957 соналда лъади ячун хадуб тӏатанила цогидазулъ гьечӏеб гьеб пагьму. Гьесул хӏакъалъулъ хъвазе цебегоялдаса нахъе пикру букӏана, амма хъвадариялъул хӏалтӏул гӏемерлъиялъ кинго квер щолеб букӏинчӏо. Нахъбахъичӏого хъвазе багьанаги ккана гьадинаб… Бергьенлъиялъул юбилеялде улкаго хӏадурулеб бугелъул, дирго архивалда хъирщадулаго, рагъдаса чӏаго тӏадвуссарав 11 росуцоясул хвараб сон бихьизабун батичӏо дица. Цӏалдохъаби гӏагараб ракь лъазабиялде машгъуллъиялъе, дица гьезухъе кьуна хваразул цӏарал ва абуна гӏагарлъиялде цӏехон гьел хвараб сон лъазабеян. Гьез битӏун гьабулищали бихьизе, дида хвараб заман лъалел кӏигоязул цӏаралги журана тӏаде. Дидаса цӏодорлъи бергьарал цӏалдохъабаз, тӏубараб сияхӏги босун цояв витӏун вуго Хӏадисил Мухӏамадихъе ва гьес кинабго мухӏкан гьабун хъван гӏиссинал «краеведазухъеги» кьун буго.\nГьединаб цӏодорлъиялъул чи вуго Мухӏамад."}
{"slug": "7398-l-aj-keyal-ul-khiarakatchagii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7398-l-aj-keyal-ul-khiarakatchagii", "title": "Лъай кьеялъул хӏаракатчагӏи", "date": "2020-03-03 08:46:27", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Чӏарада районалъул Цӏулда росдал аслияб лъай кьеялъул школалъул учительзабаз хӏаракат бахъула цӏалдохъабазе камилаб лъай кьезе. Гьединазул мухъилъ йиго Хадижат Бариеваги.\n2004 соналда ДГПИялъул географиялъулгун туризмалъул факультетги лъугӏизабун ячӏарай гьелъ кӏвар кьола цӏалдохъабазул лъай камил гьабиялде, умумузулгун бухьен щулалъизабиялде. Щибаб соналда районалда тӏоритӏулел олимпиадабазда цересел бакӏал ккола Хадижатил цӏалдохъабаз.\n2016 соналда гьей гӏахьаллъана «Лъагӏалил учитель» абураб районалъул конкурсалда ва гьениб ккуна кӏиабилеб бакӏ. Гӏахьаллъана «Самый классный классный» абураб конкурсалдаги – гьенийги мустахӏикълъана кӏиабилеб бакӏалъе.\nХадижат йиго лъикӏай гӏуцӏарухъанги – Магъар росдал школалда тӏобитӏулеб ОГЭялдагун ЕГЭялдаги гьелъ лъола жигараб бутӏа. Школалда тӏоритӏула КВНал, «географиялъул анкьал» ва цогидалги тадбирал.\n* * *\nЦӏулда росдал школалда хӏалтӏулей йиго ингилис мацӏалъул учительница Мадина Жабрагӏиловаги.\nХӏалтӏулаго лъагӏел гурого балеб гьечӏониги, Мадинаца хӏаракат бахъулеб буго лъималазда ингилис мацӏ малъизе.\nМадина йиго гӏамал-хасият рекъарай мугӏалим, цӏалдохъабазги гьелъул хӏурмат гьабула. Гьелъул цӏалдохъабаз районалда тӏоритӏулел ингилис мацӏалъул олимпиадабазда цересел бакӏалги ккола."}
{"slug": "7399-dosaaf-shchibab-munitsipalitetalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7399-dosaaf-shchibab-munitsipalitetalda", "title": "ДОСААФ – щибаб муниципалитеталда", "date": "2020-03-03 10:48:15", "categories": ["pismo"], "text": "Араб гӏасруялда щибаб районалда букӏана ДОСААФалъул отделение. Гьелдаго цадахъ школаздаги ругьун гьарулаан лъимал кьвагьдезе. Цадахъго тӏоритӏулаан ватӏан бокьиялъул мурадалда тадбиралги. Гьел идарабазул кумек букӏана армиялда рагъулаб хъулухъ тӏубазе гӏолилал хӏадуриялъеги. Гьанже гьеб кинабго хӏалтӏуде нуцӏа къан буго.\nГьелъие гӏилла щибилан абун дица цӏехана республикаялъул ДОСААФалъул нухмалъулев Шамил Гӏалиевасда. Гьес жаваб кьуна, гьеб хӏалтӏи районалъул нухмалъиялда тӏадкъан букӏанин ва гьезул «хӏаракаталъул» хӏасилалда жигарчилъиялъе ахирги лъунилан.\nДир пикруялда, ДОСААФалъ доб заманалда гьабулеб букӏараб хӏалтӏул букӏана кӏудияб кӏвар. Лъикӏаб букӏинаан муниципалитетазда гьеб иш цӏигьабуни. Жидеца гьелъие бажарараб кумек гьабилаанин абулеб буго Ш. Гӏалиевасги."}
{"slug": "7400-shchugo-kh-az", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7400-shchugo-kh-az", "title": "Щуго хъаз", "date": "2020-03-03 10:59:03", "categories": ["obrazovanie"], "text": "(Байбихьи 5-абилеб\nномералда)\n— Хъаз бикьаралъухъ гьаб дие букӏине ккола! – ян абунила гьес.\nХанасда гьесда абизе жо лъачӏила. Рокъове унелъул гьесие къали цӏун бугӏа кьейилан лъазабунила.\nАнила заман. Гьеб лъугьа-бахъин рагӏанила мискинчиясул сихӏирав ва бечедав мадугьаласда. Гьесдаги ракӏалде кканила ханасдасан къиматаб сайгъат щвелародаян.\nХъунила гьес щуго кьарияб хъаз, режанила. Цинги гьел росун, ханасул кӏалгӏаялде къокъанила.\nХанасе цӏакъ рекӏее гӏунила бечедав чияс рачӏарал хъазал ва абунила гьесда:\n— Дуда гьел хъазал ращад гьарун дир хъизаналъе рикьизе кӏвани, дица дуе квер цӏалтараб сайгъат кьела, — ян.\nУргъанила бечедав чи, ургъанила, киндай щуго хъаз ханасул анлъго чи вугеб хъизаналъе бащад гьабун бикьилаян ургъанила. Кигӏан ургъаниги, ургъун вахъинчӏила.\nАхӏанила гьес кумекалъе мискинчи.\nГьес босун цо хъаз ханасдаги гьесул чӏужуялдаги цебе лъунила.\n— Гьанже нуж лъабгоял ккана, — ян абунила.\nКӏиабилеб хъаз ханасул кӏиявго васасда цебе лъунила:\n— Гьанже нужги лъабгоял ккана, — ян абунила.\nЛъабабилеб хъаз мискинчияс ханасул кӏияйго ясалда цебе лъунила:\n— Лъабгоял нужги ккана, — ян абунила.\nХутӏараб бищун лъикӏаб кӏиго хъаз мискинчияс къвалакь ккунила ва абунила:\n— Гьанже нижги лъабгоял ккана, — ян.\nБатичӏила ханасда гьесда абизе рагӏи. Виччан танила мискинчи рокъове. Ханасухъа къиматаб сайгъат щвезе ракӏалда букӏарав бечедав чиясул хьулги хӏорлъанила.\nИсториялъул дарсида\nПашманго школалдаса вуссарав васасда эбелалъ гьикъана:\n— Жакъаги историялъул дарсида кӏийилаб ккун рагӏулагури дуе. Гьедин бегьилищ, дир вас? – ан.\n— Дида гӏайиб щиб, баба, учителас дун гьавилалдего ккараб жо бицине тӏамураб мехалъ, — ан жаваб кьуна васас.\n* * *\nРахьдал мацӏалъул дарсида.\nДица гьумер-кӏал чурана. Дос гьумер чурулеб буго. Дуца гьумер чуризе буго, — ян лъабго предложение доскаялда хъвана учителас.\n— Кинаб заман щибаб предложениялъ бихьизабулеб бугеб? – ан лъималаздехун вуссана гьев.\n— Гьатӏан къо батила гьениб, — ан абуна, анкьида жаниб цо нухалъ гурони гьумер-кӏал чуруларев васас.\nЦӏумур бараб кету\nКатица гӏункӏкӏазул цӏакъ рахӏат хвезабун букӏана. Щибаб къоялъ кӏиго-лъабго жо къулчӏулеб букӏана. Цо нухалъ гӏункӏкӏал катидаса цӏунулеб куц дандбазе ракӏаранила. Ургъанила, ургъанила – щибго ургъун бажаричӏила.\nЦо гӏонкӏкӏотӏинчӏалъ абуна:\n— Дица бицина нужеда катидаса цӏунизе бегьулеб куц. Нилъ хвеялъе гӏилла буго нилъеда кету бачӏунеб букӏин лъангутӏи. Катил горбода цӏумур базе ккола. Кету бачӏунаго, цӏумур зваргъела, нилъги тӏурила.\n— Гьеб цӏакъ лъикӏ ургъун буго, — ян абуна цо хераб гӏункӏкӏалъ, — амма лъица бугониги катил горбода цӏумур базе ккела. Дуца гьеб бани, нижеца дуе баркалаги кьела."}
{"slug": "7401-buruti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7401-buruti", "title": "Бурутӏ", "date": "2020-03-03 11:23:10", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Цӏиял тӏахьал\nДагьаб цебегӏан къватӏибе бачӏана Патӏимат Мухӏамадовалъул лъималазе хъвараб «Милъиршаби» абураб кучӏдузул тӏехь. Патӏимат Мухӏамадова гьаюна Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ. Хъвадаризе гьелъ байбихьана гьитӏинго. П. Мухӏамадовалъул кучӏдул рахъана «Росдал захӏматчи», «Хӏакъикъат» газетазда. Басмаялда рахъана «Щобил горо», «Талихӏалъул чӏорал» абурал тӏахьал. Гьелъул поэзиялъ хасаб бакӏ ккола лъималазе хъварал кучӏдуз.\nПатӏимат ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член.\nМагӏарул мацӏ\nМагӏарул мацӏ бацӏцӏадаб, гьоцӏо гӏадаб гьуинаб,\nГьуинго гаргадулеб, рекӏелъ даим бессараб.\nКинидахъ дуй ахӏараб хӏасратаб магӏарул кечӏ,\nКаранде къан эбелалъ реэдараб рахьдал мацӏ.\nГьулакалда мунги лъун, ах бачун макьу кьураб,\nМагӏарул мацӏ бацӏцӏадаб, бицунаго кӏарчамаб.\nГьеб мацӏалъ мун кӏалъала кӏудияб гъираялда,\nМагӏарул мацӏ, рахьдал мацӏ рахьдада цадахъ щвараб.\nБице, лъимал, рахьдал мацӏ, кӏудияб къимат бугеб,\nКӏалъай, лъимал, гьеб мацӏалъ, миллат нилъер цӏунизе.\n* * *\nГьединго къватӏибе бачӏана Париза Гереевалъул «Маргьабазул дуниял» абураб тӏехь. Гьеб цӏаралъ жинцаго бицунеб буго гьеб лъималазе хъвараб букӏин. Хӏакъикъаталдаги гьелъул цӏикӏкӏарасеб бутӏа ккун буго лъималазе яги гьезул хӏакъалъулъ хъварал асараз. Париза Гереева йиго жиндирго гӏумрудул нух гьайбатаб гӏамалалъги гьунаралъги берцин гьабурай унго-унгояй чӏужугӏадан, шагӏир, журналист. «Маргьабазул дуниял» абураб тӏехьалъ бицунеб буго шагӏиралъул рекӏел чӏухӏилъунги рохеллъунги лъимал рукӏин.\nГьеб талихӏ буго\nМакьидаса йорчӏидал, йорчӏамиян ахӏулел,\nХӏанчӏазул бакъназул сас – гьеб дие талихӏ буго.\nБетӏер тӏаде борхидал, хинал бакъул чӏораца,\nГьурмада бахъулеб квер – гьебги дир талихӏ буго.\nГьудулзабигун цадахъ росдал магъилъеги ун,\nБетӏараб тӏогьол квацӏи – гьебги дир талихӏ буго.\nХӏасратай эбелалъе ихдалил байрам баркун,\nДицаго ахӏулеб кечӏ — гьебги дир талихӏ буго.\nКицаби\n•Бадиве веццуге, нахъасан какуге.\n•Бакъвараб гъотӏое дару – къотӏун рехи.\n•Бакӏ гуреб бакӏалда гӏодовги чӏоге,\nгьикъичӏеб жоги бицунге.\n•Батун бечелъула, бихьун цӏодорлъула.\n•Гьитӏинго босараб лъай — тӏогьолъ гьабураб гьоцӏо.\n•Гагу хунилан хур бекьичӏого толаро.\n•Ахӏараб бакӏалде инчӏони — я барщунилан кколеб,\nя хӏинкъунилан кколеб.\n•Гуллица цо чи чӏвала, мацӏица нусго чи чӏвала.\n•Гъеду къакъадунилан лочнол къадру хвеларо."}
{"slug": "7405-suratal-ratana-antsigo-sonaldasan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7405-suratal-ratana-antsigo-sonaldasan", "title": "Суратал ратана анцӏго соналдасан", "date": "2020-03-03 11:43:56", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Анцӏго соналъ цебе Норвегиялда фотоаппарат билун букӏараб Голландиялдаса хъизамалъухъе нахъе щвана отпускалъул заманалда рахъун рукӏарал жидерго суратал. Ралъдал рагӏалда гьеб фотоаппарат батун буго немцазул туристасда. Гьесухъа бажарун буго бекараб фотоаппараталъуса, «ракӏалдачӏеялъул» карта нахъе бахъизе. Гьеб картаялда букӏараб цо сураталда туристасда бихьун буго Голландиялъул номерал ругеб автомашина. Гьес полициялда гьарун буго, фотоаппарат ва суратал тӏадруссинаризе, автомашинаялъул бетӏергьан валагьизе кумек гьабеян. Полициялъ гьабураб цӏех-рехалда рекъон, гьелъул бетӏергьан ватун вуго. Голландиялдаса гьеб хъизан цӏакъ бохун буго 10 соналдасан гьел суратал тӏадруссинариялдаса. Гъоркьиса ноябралдайин абуни батун буго лъагӏелалъ цебе алигаторалъ бикъун букӏараб крокодилазул фермаялъул хӏалтӏухъанасул фотокамера. «Ракӏалдачӏеялъул» картаялда цӏунун хутӏун буго чанго сурат."}
{"slug": "7404-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-magiarulasul-tsiar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7404-dag-istanal-ul-tarikhalda-300-magiarulasul-tsiar", "title": "Дагъистаналъул тарихалда – 300 магӏаруласул цӏар", "date": "2020-03-03 12:05:25", "categories": ["rel"], "text": "Машгьурал гӏадамал\nМагаева Патӏимат\n(1949)\nМагаева Патӏимат – Дагъистаналъул халкъияй артист, ДРя-лъул ва РФялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан.\nГьаюна 1949 соналъул 22 июлалда Унсоколо росулъ, магӏарул театралъе кьучӏ лъурав Дагъистаналъул халкъияв артист, РСФСРа-лъул мустахӏикъав артист Магаев Гӏабдурахӏманил хъизамалда.\nПатӏимат ккола машгьурай кочӏохъан. Гьелъ ахӏула магӏарул халкъиялги гьанжесел поэтазулги кучӏдул.\nБищунго лъикӏазул цояллъун рикӏкӏуна гьелъ ахӏулел Афгъанистаналда хъулухъ гьабуразе сайгъат гьарурал кучӏдул.\n1988 соналда цӏакъго машгьураблъун лъугьана гьелъ ахӏулеб «Афгъанистан» абураб кечӏ. Гьебго соналда Патӏиматица лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул культпросвет-училищеги.\nГьелъул «Наиб Идрис», лирикияб «Гуржи-Меседо», махсародул «Пайда гьечӏев», «Цебеги гьанжеги», «Цебе тӏамула» ва цогидалги назмабазгун кучӏдуз гӏенеккаразул рекӏее кӏудияб асар гьабула. Гьелъухъа бажарула магӏарул некӏсиял кучӏдузе цӏияб гӏумру кьунги.\n2006 соналда Польшаялъул Закопане шагьаралда тӏобитӏараб Мугӏрузул халкъазул XXXVII Халкъазда гьоркьосеб фестивалалда, кечӏ ахӏун, Патӏиматица босана кӏиабилеб бакӏ.\nГӏумаров Мухӏамад\n(1950-1998)\nГӏумаров Мухӏамад – машгьурав кочӏохъан, композитор.\nГьавуна Шамил районалъул Гьолокь росулъ, 1950 соналда. Школа лъугӏун хадув цӏалана ДГУялда.\nМухӏамадихъа бажарана ракӏ-ракӏалъго ахӏулеб кочӏодалъун гӏенеккарал асир гьаризе.\nГьев вукӏана космосалда жиндир гьаракь рагӏарав цого-цо вугев Дагъистаналдаса кочӏохъанлъунги. Гьесул «Дагъистаналъул цӏум» абураб кечӏ Москваялъул роржиназе нухмалъулеб централдасан космосалде, гьенив вугев Муса Манаровасе сайгъат гьабун ахӏана. Дагъистаналъул тӏоцевесев космонавтасе гьеб букӏана ракӏалдаго гьечӏого рохеллъун.\nМухӏамад вукӏана Дагъистана-лъул гостелерадиоялъул хоралъул\nсолистлъун. «Хочбар» абураб миллияб операялда гьес ахӏана хунздерил хан Нуцал-Ханил аслияб партия. Гьес магӏарул ва гӏурус мацӏазда ахӏулаан анцӏ-анцӏ магӏна бугел, гӏадамазе асар гьабулел кучӏдул. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ кколаан эбелалде, къункърабазде ахӏулел асараз.\nАслияб куцалда ахӏулаан Расул Хӏамзатовасул, Гӏумархӏажи Шахтамановасул рагӏабазда кучӏдул.\nМухӏамад Гӏумаров нилъедаса ватӏалъана 1998 соналда, 48 сонил ригьалда. Вукъун вуго гӏагараб росулъ.\nТӏолбоев Мухӏамад\n(1951)\nТӏолбоев Мухӏамад – Россиялъул Бахӏарчи, М. Громовасул цӏаралда бугеб институталъул летчик-испытатель.\nГьавуна 1951 соналъул 20 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.\n1973 соналда Ейск шагьаралда лъугӏизабуна В. Комаровасул цӏаралда бугеб тӏадегӏанаб рагъулабгун авиациялъулаб летчиказул училище ва хъулухъ гьабуна Одессаялъул рагъулаб округалъул истребительнияб авиациялда парашюталъул десант хӏадур гьабулеб бутӏаялда цин летчиклъун, хадуб — гьелъул нухмалъулевлъун.\n1977 соналда, самолетазул хӏалбихьиялъул хъулухъалде иналда бан, капитанасул чиналда армиялдаса нахъе ана.\n1981 соналда гьес лъугӏизабуна СССРалъул Авиациялъулаб промышленносталъул министерствоялъул летчикал-испытателазул школа.\n1984 соналда лъугӏизабуна Москваялъул авиациялъулаб институт.\nМ. Тӏолбоевас хӏалбихьи гьабуна МиГ-23М, МиГ-25, МиГ-29, МиГ-31, Су-24, Су-27 гӏадал самолетазул. Гьес кӏигониги нухалда рещтӏинаруна моторалъе жагъаллъи ккарал самолетал.\nГьес лъалкӏ тана советияб космосалъулаб программа тӏубазабиялъул хӏалтӏулъ.\n1993 соналда лъугӏизабуна Патрис Лумумбал цӏаралда бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул университет.\n1993-1995 вищана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун. 1994 соналда космонавтазул отрядалдаса нахъе ана.\n1995-1998 соназда М. Тӏолбоев тӏамуна республикаялъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул рахъалъ советалъул секретарьлъун ва Чачаналда рагъ унеб заманалда гӏемераб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналъе хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул мурадалда.\n1999-2000 соназда гьев вукӏана Россиялъул МВДялъул Москва округалъул жанисел ишазул яргъилал къуватазул авиациялъул командующиясул заместительлъун.\n1992 соналда Россиялъул президентасул указалдалъун Тӏолбоевасе кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар. Гьабсагӏаталда полковник Тӏолбоевас жигараб гӏахьаллъи гьабула Россиялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъулъ.\nГьев мустахӏикълъана «Захӏма-талъул Багӏараб Байрахъ» орденалъе ва чанго медалазе.\nМахӏачев Хӏажи\n(1951-2013)\nМахӏачев Хӏажи – жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат.\nГьавуна 1951 соналъул 19 марталда Хасавюрталда, Буртунаялдаса Нухӏил хъизамалда. Гьесул эмен вукӏана милициялъул хӏалтӏухъан, кверзул махщел бугев инсан.\nШкола лъугӏун хадуб Хӏажи цӏализе лъугьана медучилищеялде ва гьенисан армиялде хъулухъ гьабизеги ана. Тӏадвуссиндал хӏалтӏана совхозалда ва гьединго автотранспорталъулаб магӏишаталда контролерлъун.\nЛъугӏизабуна ДГУялъул юридикияб факультетги, цӏунана юридикиял гӏелмабазул докторасул диссертацияги.\n1988 соналда Хӏажил жигарчилъиялдалъун гӏуцӏана Шамил имамасул цӏаралда бугеб Халкъияб фронт. 1992 соналда гьев вищана Аваразул халкъияб багъа-бачариялъул председательлъун. 1991 соналда вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. 1995 ва 1999 соназ вищана Дагъис-таналъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. 1995 соналда тӏамуна ОАО «Дагнефть» цолъиялъул генералияв директорлъун.\n2000 соналда гьес гӏуцӏана республикаялда лъай кьеялъе, маданияталъе кумек гьабулеб рахӏму-цӏобалъул фонд.\n2003 соналда Хӏажи вищана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул ункъабилеб ахӏиялъул депутатлъун ва гьенив жамгӏиял гӏуцӏабазул комитеталъул нухмалъулесул заместительлъун хӏалтӏана.\n2007 соналдаса Хӏ. Махӏачев вукӏана Москваялда президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул кидагосеб вакиллъиялъул нухмалъулевлъун.\nКъадаралде щвана 2013 соналъул 19 декабралда.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7407-gialimzabi-busurbabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7407-gialimzabi-busurbabi", "title": "Гӏалимзаби-бусурбаби", "date": "2020-03-03 12:32:08", "categories": ["obshestvo"], "text": "Физика\nАл-Хазинил хӏакъалъулъ нилъеда гӏемераб жо лъаларо. Хӏ-ХӏI гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав гьес хъвараб «Мизанул Хӏикмат» абураб тӏехь цӏакъго машгьураблъун рикӏкӏуна. Гьесухъа бажарун буго гӏемерал веществабазул бакӏлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакӏлъи борцун букӏинчӏо. Гьесго борцун букӏана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи.\nАтомалда гъорлъ кутакаб къуват бакӏарун букӏин ва гьелъул ядро бихх-биххун ине рес бугеблъиялъул тӏоцебе хъварав чи ккола Жабир бин Хӏаян (721-805).\nХӀII гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Къутӏбудин Ширазица, Декартидаса 300 соналъ цебе, гӏелмияб къагӏидаялъ баян кьун букӏана нур чӏеялъе букӏунеб гӏиллаялъе.\nЗагӏипал электромагнитниял къуватазул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизеги кӏвечӏого хварав Эйнштейнил (1879-1953) гьеб иш гӏумруялде бахъинабуна бусурбанав гӏалимчи Гӏабдусаламица. 1979 соналда гьев мустахӏикълъун вукӏана Нобелил премиялъул лауреат абураб цӏаралъеги.\nАстрономия\nЩибаб исламияб улкаялда букӏанин абизе бегьула обсерватория. Гьенир хӏалтӏулез нахъе тарал гӏелмиял хӏалтӏабаздаса пайда босулаан гьанже нахъаги. Парангазул машгьурав профессорас абун буго: «Математикиял гӏелмабаздаго гӏадин, бусурбабазул астрономазги тана цӏакъго кӏудияб лъалкӏ», — ан. Гьедин абиялъе гӏиллаги ккола тӏоцебе бусурбабаз ургъараб букӏин астролябия. Гьеб гӏелмуялъул кумекалдалъун кӏола цӏваби ругеб бакӏ, гьезда гьоркьоб бугеб манзил борцине. Гьеб гӏелмуялда тӏасан тӏоцересел хӏалтӏаби хъварав чиги ккола Машааллагь абураб цӏаралда гъоркь машгьурлъарав бусурбанчи. Астролябиялъул цӏияб тайпайин абуни ургъана аз-Заркалица (1029-1087). Дунял шар гӏадинаб гургинккараб формаялъул букӏинги бусурбабазда лъалаан, гьелъул хӏакъалъулъ европаялъулазда щибго лъалеб букӏинчӏеб заманалдаго. Дунял гургинаб букӏинги ва гьеб жиндирго хӏосалда ва бакъуда сверун сверулеб букӏинги чӏезабун букӏана Бируница (973-1051). Гьебгиха, гьединаб цӏирагьи Коперникица гьабилалде 500 соналъ цебе. Гьединго Бируни ккола ракьалъул диаметр борцарав гӏалимчиги. Гьебго заманалда ракьул горсверуда бугеб манзил борцарав ккола X гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Мухӏаммад бин Муса.\nАл-Ферганицайин абуни чӏезабуна бакъуда тӏад тӏанкӏал ругеблъи.\nЦогидав астроном Ал-Баттаница (877-929), европаялъулазда гьев лъала Албатегнус абун, X гӏасруялдаго гӏуцӏун рукӏана астрономиялъулал таблицаби.\nХалифлъун ва гӏалимчилъун вукӏарав Улугбекица (1394-1449) Самаркъандалда бан букӏана кӏудияб обсерватория. Гьелъул ва гьединалго цогидалги обсерваториязул кумекалдалъун исламиял гӏалимзабазда лъалаан бакъ-моцӏ кида кквезе бугебали ва гьеб кквеялъе гӏиллаби. Гьезул хӏалтӏабаздаса жакъаги пайда босула астрономаз.\nБотаника ва зоология\nГьоркьохъел гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав цӏар рагӏарав ботаник ва фармацевт ибн Байтӏарил (1190-1248) хӏалтӏабазулъ батула 1400 чӏахӏ-хералда цӏар ва щиб унтуе гьел хӏажалъулелали хъван. Гьесул тӏахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ.\nХӀV гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Демирица хъван буго 1069 рухӏчӏаголъиялъул хӏакъалъулъ ва гьев рикӏкӏуна зоология цебетӏезабиялъулъ бергьун кӏудияб бутӏа лъурав гӏалимчилъун.\nИстория ва архитектура\nФилософиялъул тарихалда ибн Хӏалдун (1332-1406) машгьурлъана «социология» абураб гӏелмуялъе кьучӏ лъурав чи хӏисабалда. Гьесул хӏалтӏабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гӏалимзабаз гьесда абулаан гьев кколин «Гӏарабазул Монтескье» абун.\nЖиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечӏев архитектураялъул гӏалимчи вукӏана Хважа Синан (1489-1588)."}
{"slug": "7431-k-o-kkedal-bakhiarchiyal-khial-kkedal-bikhinchiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7431-k-o-kkedal-bakhiarchiyal-khial-kkedal-bikhinchiyal", "title": "Къо ккедал — бахӏарчиял, хӏал ккедал — бихьинчиял…", "date": "2020-03-06 08:00:40", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьаб ракьалда тӏад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хӏеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги Бетӏергьанас барахщичӏого кьурал хӏурматиял руччаби!\nНуж мустахӏикъал руго ракьалда ругелщинал тӏугьдузе, нужедаса берцинал гьел гьечӏониги. Нуж руго, калам хӏалималги, хӏалкӏолъи бугелги, тӏегьлъун кенчӏолелги, зазлъун хӏенчолелги, канлъи бикьулелги, ханлъи бекьулелги, рокьуе мукӏуралги, гӏанчӏал ракӏазул, гогьаб гьимидул, къо ккедал бахӏарчиял, хӏал ккедал бихьинчиял, бухӏараб цӏорозабизе, цӏорораб бухӏизабизе кӏолел, гӏодизе малъизеги релъизе гьукъизеги кӏоларел, Бетӏергьанас дунялалде битӏараб инсанияталъул гьайбатаб ва камилаб бутӏа. Бухӏун щвараб бакъудасаги балеб горо-цӏералдасаги кӏудияб гъветӏалъ цӏунулел гӏадин, нужецаги цӏунула бихьинал квешабщиналдаса, кигӏан кӏудияб кьуру цебе букӏаниги, гьеб кьвагьунги, нух бахъула нужер цо рагӏуца. Свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго улбузул хӏатӏикь бугин алжанин абун. Гьениб бакӏ щвеялдаса талихӏал руго нижги!"}
{"slug": "7434-khunzakh-a-khiazhimurad-tiadvussin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7434-khunzakh-a-khiazhimurad-tiadvussin", "title": "«Хунзахъа Хӏажимурад». Тӏадвуссин", "date": "2020-03-06 08:17:55", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жиндир цӏаралда сверухъ жеги дагӏба лъугӏичӏев Кавказалъул рагъул бахӏарчи, Хунзахъа Хӏажимурадил хӏакъалъулъ нилъеда лъалаан гӏицӏго Лев Толстоясул къисаялдасанги нахъе цӏунун хутӏараб магӏарулазул халкъияб щуго кочӏодасанги.\nГьанже гьеб лъай бечелъана тарихиял гӏелмабазул кандидат Патӏимат Тахӏнаевалъ къватӏибе биччараб «Хунзахъа Хӏажимурад» абураб тӏехьалдалъунги. Гьей гьелда тӏад хӏалтӏана ункъо соналъ.\nТӏехь хъвазе ккана Толстоясе гӏоло\nХӏажимурадил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе Патӏимат тӏамун йиго дунялалдаго машгьураб Толстоясул къисаялда ратарал дандеккунгутӏабаз.\nЛъалеб букӏахъе, Лев Толстоясе «Хӏажимурад» кколаан бищунго къиматаб асарлъун. Кигӏан гьараниги, живго чӏаго вукӏаго, гьес гьеб цониги басмаханаялъе бичунги гьечӏо. Гӏицӏго хъвадарухъан хведал гурони, къватӏибеги биччачӏо гьеб.\nАмма лъимерлъудаго бичӏчӏулеб букӏанин жинда гьеб къисаялда вихьизавулев чи унго-унгояв Хӏажимурад гуревлъиян бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ гьал къоязда ДГУялда тӏобитӏараб тӏехьалъул презентациялда.\n«Кавказалъул рагъул бахӏарзал жеги ругелъул – Къебедмухӏамадги, Ахъбердил Мухӏамадги, цогидалги. Гьединлъидал хас гьабун Хӏажимурад щай дуца тӏаса вищарав?» — илан гьикъана гьелда наибасул ракьцояв, политолог ва журналист Хӏабиб Мухӏамадовас.\n«Дун Толстоясда божичӏогоха. Гьес вихьизавурав чи вукӏана нилъее, магӏарулазе, тӏуванго чиярав чи. Хӏисаб гьабе нужецаго. Толстояс хъвавухъе, Хӏажимурадица Лорис-Меликовасе бицунеб буго имам Хӏамзатил гӏадамаз Баху-бикал васал рухулеб мехалда жив цо кӏкӏалахъ вахчунги чӏун, хӏинкъун Хунзахъе лъутанила. Жиндир рахьдал вацал чияца рухулеб мехалда магӏарулав вахчун чӏанин абураб жоялда дун гьитӏинаб мехалдацин божун йикӏинчӏо», — ян бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ.\nГьелъул божилъи хвезабун буго-ан жиндие эбелалъ кинидахъ ахӏулеб букӏараб кочӏол хӏакъалъулъ Хӏажимурадил ракӏалдещвей Толстояс кьураб куцалъги: Хӏажимурадил инсуца лъадуда абула дуца ханасул цоги вас хахизавизе ккелилан. Гьелъ инкар гьабула. Ццим бахъарав инсуца ханжар хьвагӏула гьелъул каранде. Дагьав кӏудияв гӏедал, Хӏажимурадица зама-заманалдасан гьарулаан эбелалда доб мехалда инсуца каранда лъураб ругъун бихьеян.\nХӏабиб Мухӏамадовас рехсарал Къебедмухӏамадги Ахъбердил Мухӏамадги жалго тун, хас гьабун Хӏажимурадил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе тарихчӏужу лъугьиналъе гӏиллалъун кколеб буго гьесдехун гьелъул рекӏел цӏайи букӏинги. Амма тӏехьалда жаниб жинца гьеб рокьи балъго гьабун танинги бицана гьелъ.\nГьединго Тахӏнаевалъ Хӏажимурад рикӏкӏунев вуго Кавказалъул рагъул гӏаламатлъун. Гьев хвеялдалъун лъугӏизеги лъугӏанила гьеб. Гьединлъидал тӏехьалда жанибе бачараб 50 сон (рагъ унеб букӏараб заман) Хӏажимурадил мисалалдалъун бихьизабизе ракӏалде ккун буго гьелда.\nГьесул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе жинхъаго бажаризе букӏин Тахӏнаевалда бичӏчӏун буго тарихияб лъабго асар хъван хадуб — «Аргвани», «Аул Чох. Мир ушедших столетий», гьединго «Гуниб, август 1859. «Последние дни джихада в Дагестане…».\nХасго чӏахъадерил тӏехь хъвалелъулги Хӏажимурад кидаго жинда «аскӏов вукӏанин» ракӏалде щвезабуна гьелъ. Гиназ Аргъутинскиясдаса Чӏохъ цӏунулевги вукӏиндал гьев.\nГьединго жий хьихьарай кӏияйго кӏудиял улбузулги сабаб кканин жинда тарих битӏун бичӏчӏиялъеян бицана Патӏиматица:\n«1903-1905 соназда гьарурал кӏудиял улбуз хьихьана дун. Советияб идеологиялъул заралияб кьаби щвечӏел гьезул рухӏияб рацӏцӏалъиялъул сабаб ккана диеги».\nДагъистаналда рукӏарал\nАргъутил жасусал\nТахӏнаевалъ презентациялда бицана жий гуржиязул архивалде яккизе течӏила. Амма Санкт-Петербургалда бугеб гиназ Аргутинский-Долгорукиясул архивалъул хал гьабунила. Гьесги гӏурус пачаяс Кавказалда тарав вакил Воронцовасги моцӏида жаниб кӏиго-лъабгониги кагъат хъвалеб букӏун буго цоцахъе.\nТахӏнаева гӏажаиблъун йигоан Аргутинский-Долгоруковасда Шамилил «Имаматалда» жаниб лъугьа-бахъунебщинаб жо лъалеб букӏиналда. Хасго Хӏажимурадилгун гьесул гьоркьоблъи хвеялъул хӏакъалъулъ тӏири хутӏичӏого бицунеб букӏун бугила. Дагъистаналда киса-кирго рукӏун ругила гиназасул жасусал.\nГьединго къанагӏатал документаздасан лъан буго доб мехалда пачаясул армиялъул балъгояб полицияги букӏараблъи. Гьелъул чӏейги Дербенталда букӏун буго. Гьенисан киналго кагътал цин Тифлисалде, хадур Москваялде ритӏулаанила.\nАмма Россиялъул генералзабазул рагъулал лъазабиязда божизе ккейги букӏун батулин Тахӏнаевалъе кӏудияб масъалаян кӏалъана презентациялда Хунзахъа тарихчи Гӏалибег Хъазанбиев. Щайгурелъул тӏарадаса ахаде щвезегӏан гьересиял, гӏицӏго жидеего шапакъатал щвеялъул мурадалда гьарурал лъазабиял ругила гьел.\nГьелъие Воронцовасул мисалги бачана Хъазанбиевас.\nАскарги гъурун, хӏалица Герзелалде ворчӏарав Воронцовасда цадахъ азарго чи вукӏун вугилан хъван бугила гӏурусазул документазда. Гьеб рагӏула Воронцовас императорасухъе битӏараб лъазаби.\nЦинги императорасги хъвала гьелда гъоркь: «Гӏурусазул къвакӏиялъе кутакаб къиматги кьун цӏалана», — ян.\n«Хӏакъикъаталдайин абуни, гъурун вукӏана азарго солдат. Цо рагъулъ ункъо генерал чӏвана. Цебе киданиги букӏараб жо гуро гьеб. Гъоркьчӏелги гьабун, Хӏажимурадица щвезабуна гьезда гьединаб кьаби. Гьеле нилъер рукӏарал умумул, лъилниги гурел, нилъер», — ин бицана тарихчияс.\nХиянатчи гуро\nЖибго тӏехьалъул бицунаго, презентация нухда бачунев вукӏарав тарихчи Муртазагӏали Хӏажиевас баян гьабуна наибасул хӏакъалъулъ гьесул адаб хварал жалгицин абулелги хъвалелги ругила цо-цояз.\nАмма Патӏимат Тахӏнаева Хӏажимурадие адвокатлъи яги прокурорлъи гьабун, гьев веццизе яги гьесде гӏайиб гӏунтӏизабизе лъугьуней гьечӏила. Жиндихъе щварал тарихиял баяназул кьучӏги цӏехон, гӏицӏго следовательлъи гьабулеб бугила.\nАвторалъ жинцагоги цӏалдолездехун хитӏаб гьабулеб буго гьеб тӏехь гӏедегӏичӏого, кӏвар кьун цӏалеян. Щайин абуни гьенир ругила церехун нилъелъ риун тӏун рукӏарал пуланал пикраби риххизаризецин рес бугел хӏужаби.\nГьелда бан рехсезе бегьула наиб Хӏажимурадица гӏурусазул рахъалдеги ун имам Шамилие хиянатлъи гьабунилан цо-цоязул рекӏелъ бессараб пикруги.\n«Щивасда батӏа-батӏайисан бичӏчӏула хиянатлъиялъул магӏна. Доб мехалда Имаматалда гӏумру гьабулел рукӏарал гӏадамазда гьикъани, гьев хиянатчи вукӏанин абилаан доз. Щайгурелъул Имаматалъул гӏорхъи бахун ун вугелъул гьев. Амма ракӏалде щвезарилинха дица тӏехьалъул ахиралда лъурал, Хӏоцоса Нажмудиница гьесде хъварал кочӏол мухъалги. Гьес абулеб буго Хӏажимурад шагьидлъанин, гьев исламалъул гъалбацӏ вугилан. Амма лъутулев гуро Хӏажимурад вукӏарав. Жиндир хъизамалъул ургъалица толев вукӏинчӏо гьев… Кутакалда чара къосарав чи вукӏана гьев. Гьедин гьабичӏого ресги букӏинчӏо гьесул», — ин бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ.\nЦо-цо тарихчагӏазин абуни наиб вихьизавула чабхъеназул гурони ургъел букӏинчӏев хъачагълъунги. Амма, Тахӏнаевалъул пикруялда рекъон, цо-цо чабхъенал гьарулаан Имаматалъул нахърател цӏеялъе гӏоло. Тӏокӏалъ чӏечӏого багъулеб пачалихъалъ бетӏербахъи сундалъун бугониги гьабизе кколеб букӏаралъул.\nХӏажимурадица цониги чабхъен гьабичӏин Имаматалъул изнуги гьечӏогоян баян гьабуна тӏехьалъул авторалъ.\nГьединго цо-цо чабхъенал гьарулаанин рагъулал операциял хӏисабалдагиян мухӏкан гьабуна гьелъ.\nПалхӏасил, Патӏимат Тахӏнаевалъ Хӏажимурад хиянатчилъун рикӏкӏунев гьечӏо, тӏадежоялъе, гьединал бугьтанал лъолел чагӏаздаги гьарулеб буго тарихалда бакӏ ккурал гӏадамазда гьединал цӏарал лъогеян.\n«Доб букӏана кутакалда захӏматаб заман. Баху-Бикаги гьелъул васалги, киналгоги цӏан рукӏана кӏудияб политикаялда гъорлъе. Батӏайисан хӏалтӏизе рес букӏинчӏо гьезул. Гьединабго хӏалалде ккун вукӏана Хӏажимурадги», — ян ракӏалде щвезабуна П. Тахӏнаевалъ."}
{"slug": "7437-khurukh-abigun-giiyakh-abazul-k-varil-i-va-giatiil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7437-khurukh-abigun-giiyakh-abazul-k-varil-i-va-giatiil-i", "title": "Хурухъабигун гӏияхъабазул къварилъи ва «гӏатӏилъи»", "date": "2020-03-06 08:34:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Цого жо цӏалкӏулел хӏакимзабиги, анкьго гӏетӏги тӏун хъахъусдилел фермералги, гранталги, къарзги, къасдалги, къваридал хьулалги.\n4 марталда Махӏачхъалаялда данделъун рукӏана ДРялъул Фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул (АФКОД) гӏахьалчагӏи. Гьединго гьениве вачӏун вукӏана Москваялъул Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакилги. Чанго батӏияб суал борхана гьениб ва бищунго кӏвар буссинабизе гӏадал жакъасеб номералда кьолел руго.\nДагьаб цебегӏан Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул фермеразул съездалъул хӏакъалъулъ бицине рагӏи кьуна АФКОДалъул президент Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе. Съездалда гӏемер кӏвар бугел суалал рорхулел рукӏанилан бицана гьес. Гьениб ва цохӏо гьениб гуребги, кидаго хӏакимзабаз абулила росдал магӏишат цебетӏезабизе кколин, цебетӏезабизе кумек гьабизе бугилан, амма…\n«Амма гьабулеб бугищха гьез гьелъие кинаб букӏаниги кумек, дида гьеб бихьулеб гьечӏо. Цого жо бицунел кидалъагӏанха рукӏинел? Рагӏабаздаса ишалде рачӏине заман цебего щун буго, амма хӏакимзаби цого-цо жо нижее цӏалкӏулел, хьул лъезабулел рагӏаби рицунел хутӏун руго.\nЖакъа Россиялъул киналго регионазул гӏунгутӏаби цого руго. Тӏоцебесеб ккола — ракь. Ракь хӏалтӏизабизеги гьелдаса пайда босизеги гъира-цӏаялда вугев фермерасухъе щай гьеб кьолареб?\nКӏиабилеб. Бокьараб магӏишат цебетӏезабизе ккани, къваригӏуна сурсат, алат, техника, къокъ гьабун абуни, гӏарац. Гьебги щолеб гьечӏоха гъаримал фермеразе. Гьезие киналго шартӏал чӏезаризе ругин абула хӏакимзабаз, амма гьел гьечӏо», — ян бицана Гӏ. Абурикӏовас.\nБитӏараб бугилан, гьес бицаралда тӏадрекъон, бетӏер гьанкӏезабулел залалда ругел фермералги рукӏана.\n«Россельхозцентралъул» нилъер республикаялда бугеб идараялъул нухмалъулесул заместитель Сагитгӏали Гӏабдуразакъовги вачӏун вукӏана гьеб данделъиялде. Ракь хӏалтӏизабиялда хурхун пачалихъалъ гьабулеб тадбиралъул хӏакъалъулъ бицине ахӏун вугоан гьев.\nМисалалъе, хӏалтӏизабулеб ракьалъул лабораториялъулал цӏех-рехал гьаруралъухъ цебе хӏукуматалъ кьолеб букӏараб гӏарац, гьанже жалго фермераз кьезе кколеб къагӏида хисизабун буго, гьелда рази гьечӏолъи загьир гьабуна данделъиялда рукӏарал фермераз. Нужеда гьеб хӏалалъ гӏадго букӏине ккани, гьеб цебеги букӏараб къагӏида кколин бичӏчӏизабулеб букӏана С. Гӏабдуразакъовас. Амма киназго гурин гьелъухъ мухь кьезе кколеб, гӏарац кьезе кколелги кколарелги бакӏал ругин баян гьабуна «Россельхозцентралъул» вакилас.\nЧӏегӏераб сияхӏалъул халалъи\nФермеразе субсидиял рикьиялъул хӏакъалъулъ бицине рагӏи кьуна «Россельхозбанкалда» къарзалъе гӏарац кьолеб отделалдаса Владимир Попандопулое. Цогидал регионазда бигьаго бугин жакъа фермеразе субсидиялги къарзалъе гӏарацги кьезеян бицана гьес. Дагъистаналда гьеб рахъалъ гӏезегӏан захӏмалъаби ругила.\n«2017 соналдаса нахъе ниж ккун руго «багӏараб зонаялде». Къарзалъе кьолеб гӏарцул къадар бихьизабизе нижер ихтияр гьечӏо, киналго документал ритӏизе ккола Москваялде. Гӏемерал чагӏи руго цебеккун къарзалъе босун букӏараб гӏарацги нахъ буссинабизе кӏоларого. Мисалалъе, пуланаб росулъ вуго жинцаго гӏетӏ тӏун магӏишатги цебетӏезабурав, лъикӏав хӏалтӏухъанилан кӏудияб цӏар-реццги щварав чи, амма гьев вуго нижер «чӏегӏераб сияхӏалда». Гӏилла — цебеккун босун букӏараб гӏарац нахъбуссинабичӏолъи. Гьединазул 99 процент буго жакъа нижер банкалъул сияхӏалда.\nБокьараб банк, нижго гӏадин, аслияб куцалъ хӏалтӏулеб букӏуна къарзалъе гӏарац бикьизелъун, амма кин кьелеб гӏадамазухъе гӏарац, налъулазул читӏир халалъулеб бугони?» — ян абуна «Россельхозбанкалъул» вакилас.\nГьес бицунелда ризилъичӏого, боркьараб кӏалъай ккана гьесулгун фермеразулги ассоциациялъул президент Гӏабдурахӏман Абурикӏовасулги. Гьел гӏодоре риччазарулев АФКОДалъул генералияв директор Мухӏамад Гӏабдурахӏмановги вукӏана. Ахирги цоцада ричӏчӏараб гӏадаб жоги ккун, гӏодов чӏезе виччана Папандопуло.\nАвал-ахир гьечӏел данделъабаздаса свакан буго халкъ\nДагьаб цебегӏан Адыгеялда «Народный фронт» гӏуцӏиялъулгун Владимир Путинил букӏараб дандчӏваялда Олег Сирота абулев чияс загьир гьабун буго президентасе «Халкъияв фермер» абураб проект гӏуцӏизе хӏажат букӏиналъул пикру.\nБатӏаго бегьулареб пикру гьечӏин гьебилан абуна АФКОДалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас, амма анкьцӏул борцун, цин къотӏеян абун бугелъул, гьеб дандбазе кӏалъазе рагӏи кьуна «Народный фронталда» гъорлъ вугев тележурналист Илман Гӏалипулатовасе.\nЦӏакъ магӏнаяб, киназего рекӏее гӏураб кӏалъай букӏана гьесул. Гӏабдурахӏман Абурикӏовасго гӏадин, гьесги абуна нилъ ва хасго нилъер хӏакимзаби цого жо бицунел хутӏун ругин, хӏасил бихьулеб гьечӏин.\n«Дагьаб цебегӏан «Акценты» передачаялда гьоболлъухъ вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул минаялда информациялъул ва политикаялъул бутӏаялъе нухмалъулев Зубайру Зубайруев. Дица гьесда абуна мун кколин тӏалъиялъул вакил, гьанже дуца бицейин — щибаб къоялъ хӏукуматалъул минаялъур тӏоритӏулел данделъабазул ахир бихьулеб гьечӏин, цохӏого кабинеталги, цохӏого гьурмалги чӏалгӏун ругин дидаги халкъалдаги. Щибинха гьез кьолеб бугебилан гьикъана гьесда.\nЖаваб щвечӏо. Республикаялда руго гӏемерал СМИялги телестудиялги. Гьез бицунеб, хъвалеб ва бихьизабулеб жо гӏемераб буго, амма халкъалъул гӏузраби, халкъалъул гьаракь къанагӏат гурони рагӏулеб гьечӏо.\nГьединлъидал рачӏа, жакъа гьанир рорхаралщинал суалал гьоркьор лъезе нуж телевидениялде рачӏине. Тӏадеги цӏикӏкӏун гӏадамалги ахӏила, хӏакимзабаздаги абила. Гьеб мехалъниги цо гьумерхъахӏаб жо кколарищали бихьила», — ян кӏалъана И. Гӏалипулатов.\nГьан гьарзаго буго, босулев чи ккани\nБицана гьениб гӏияхъабаз гӏезабураб нигӏмат бичизе захӏмалъулеб букӏиналъулги. Гьеб щай гьедин бугебали бицине рагӏи кьуна Москваялдаса вачӏарав Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакиласе.\nЦо къокъабго кӏалъайги гьабун, жиндасаго тӏаса хъущтӏизабун, гьес рагӏи кьуна цогидав чиясе. Гьаниве ваккун, дове кӏанцӏун гьабураб гьесул халатаб кӏалъаялдаса кквезе щвана цо пикру.\nГъоркьиса гьоркьоб къотӏизабун буго нилъер гьаниса Ираналде баччулеб букӏараб гьан. Гьелдаса хадуб гӏемерлъун буго нилъерго гьаниб бичулеб гьанал къадар. Цогидал регионазухъа бичун босунги байбихьун буго гьан республикаялда бичизе. Кӏиабизеги нилъехъа гьан босизе исана Ираналъги инкар гьабун буго, хираго бугинги абун.\nГьелъул хӏасилалда, республикаялда гьабсагӏат гӏемерлъун буго бичулеб гьанги, дагьлъун руго гьеб босулел гӏадамалги. Щибха гьединаб хӏал хисизабиялъе гьабизе бегьулебин абураб суалалъе цо чӏванкъотӏараб жаваб гьениб рагӏичӏо, пикраби гӏемерал рукӏана.\nДуда гурхӏарасда Аллагьги гурхӏаги\nДанделъиялъул ахиралда кӏалъазе рагӏи кьуна жамгӏияв хӏаракатчи Шамилов Мухӏамадие. Стальское росулъ щуго гектаралда гӏезабураб жиндирго ахги мисалалъе бачун, ганчӏида гамачӏ течӏого, чӏван лъуна гьес Росдал магӏишаталъул министерствоги, къарзал кьолеб «Россельхозбанкги», хутӏарал хӏакимзабиги.\n«Жакъа гьезул цонигиязул гьаб баркатавхӏавилан абизе чи гьечӏо нилъеда ракӏунтарав, дуцаги дицаги гӏезабулеб магӏишаталъул ургъел ккарав. Дуца гӏетӏги тӏун гьабураб магӏишат, жужахӏалъул цӏадабе ккун бухӏаниги, дуе гьездасан кумек щоларо.\nГьедин бугеб мехалъ, щиб гьабизе нуж унел къарз кьеян банкалде? Унге, хӏетӏеги чӏоге, ахирисеб тӏажуги бахъула гьез нужеда тӏаса. Духъаго бажарараб куцалъ гӏиги гӏезабе, хурги бекье, бокьги бахъе, Аллагьасе какалги рай. Гьев гурхӏани, гурони, тӏокӏав дуда гурхӏизе чи гьечӏо. Васалам, вакалам!» — илан лъугӏизабуна жамагӏатчияс."}
{"slug": "7453-kontrakt-bokilarishch-dun-vachinarishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7453-kontrakt-bokilarishch-dun-vachinarishch", "title": "«Контракт бокьиларищ, дун вачинарищ?»", "date": "2020-03-10 10:22:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Жакъасеб Россиялъул армиялъе хӏажат ругин тӏадегӏанаб лъаялъул гӏолохъабиян бицана 2 марталда ДГУялде рачӏун рукӏарал ДРялъул рагъулаб комиссариаталъул вакилзабаз.\nАрмиялде гӏолохъаби ахӏулеб бутӏаялъул нухмалъулесул заместитель, подполковник Хӏусен Гӏумархӏажиевасги контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубазе гӏолохъаби тӏаса рищиялъул хӏалтӏи гьабулев, Астраханалдаса Сергей Новиковасги насихӏат гьабуна студентазе гьениб.\nДиплом щвараб гӏоларин, гьанже ватӏаналда цебе тӏадаб хъулухъ тӏубазеги хӏадур рукӏине кколин нужилан бичӏчӏизабуна Хӏусен Гӏумархӏажиевас гьезда. Гьес бицунелда рекъон, республикаялда жеги дагьлъун гьечӏо армиялдаса лъутанхъулел гӏолохъабазул къадар. Гьединлъидал рачӏайин рахчаричӏого, бихьиназда тӏадаб куцалъ гьеб борч тӏубазе ккелин абуна гьес.\nЛъагӏалил бакӏалда — кӏиго сон\nХӏусен Гӏумархӏажиевас бицана армиялде ахӏулев гӏолохъанчиясул гьанже ихтияр бугин гӏадатияб куцалъ армиялде ахӏун тӏубазабулеб хъулухъалъул бакӏалда, контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубазаби тӏаса бищизе.\nГьелъул ругел квегӏенлъабиги рехсана гьес. Гӏадатияв солдатасе щолеб 2000 гъурщил бакӏалда, моцӏрое бищун дагьалдаса 20000 гъурущ харж щвезе рес рагӏула гьесие. Къаси-къаси казармаялда чӏечӏого, сордо базе рокъове инеги бегьулин, отпускги щолин, хӏасил-калам, вакъва-кӏасарав солдатасул бакӏалда контрактникасул гӏумру дагьаб гӏадамазулалда релълъараб букӏунилан абизе бокьун бугоан рагъулаб комиссариаталъул вакиласе.\n«Амма гьаниб бичӏчӏизе ккола кӏиялдаго гьоркьоб бугеб батӏалъиги. Цебе букӏараб къагӏидаялда рекъон, армиялда цо лъагӏалица хъулухъ гьабулеб батани, контракталда рекъон хъулухъ тӏубалес гьениб базе ккола кӏиго сон. Цо-цоязда ккола контракт хъван хадуб лъагӏел тӏубайдал, гьа, гьанже дир заман лъугӏанин, дун рокъове ине бегьулилан. Амма гьел мекъи руго. Гьелде иш бачӏун хадуб, гьесулгун контракт хвезабула ва армиялда гьес бараблъун рикӏкӏуна бащдаб лъагӏел. Рокъове гьев ине бегьула, амма тӏадаб хъулухъ тӏубазе гьев цоги нухалъ армиялде ахӏичӏого толаро.\nГьединго цо-цоязда кколеб батани, бигьаго букӏунин контракталда рекъон хъулухъ гьабизейилан, букӏунаро. Мун курорталде квана-гьекъезе гуро ахӏун вугев, кодобе ярагъги кьун ватӏаналъул хӏинкъи гьечӏолъи цӏунизе ахӏарав чи вуго. Бокьараб мехалъ рагъдеги ккезе бегьула мун, захӏматал шартӏазда гӏумру тӏамизе хӏадургоги вукӏине ккола», — ян абуна Хӏусен Гӏумархӏажиевас.\nРахчарулел щалха ругел?\nАрмиялдаса лъутанхъулел гӏолохъаби гӏемерлъулел ругилан гьес кьураб баяналъ щакдараби рижизаруна. Щай абуни, гьелъул гӏаксалда, ахираб анцӏгониги соналъ чанги гӏолохъанчи гӏарзахъдулев рагӏулаан вачунев гьечӏила жив армиялде, чанго нухалъ рагъулаб комиссариаталдасаги нахъчӏванилан. Гьеб суал кьуна дица Хӏусен Гӏумархӏажиевасе.\n«Чанго соналъ цебе гьедин букӏун батанигицин, гьанже хӏакъикъат батӏияб рахъалде хисулеб буго. Нилъер республикаялдаса армиялде ахӏизе рихьизарурал чагӏазул къадар 5-6 азарго чи вукӏун ватани, исана гьеб 10 000 чиясде бахинеги рес буго. Гьеб жеги официалияб баян гуро, армиялде ахӏиялъул тадбир байбихьарабго, республикаялъул рагъулав комиссарас мухӏканго бицине буго чан чи исана ахӏизе вугевали. Амма хъулухъ гьабизе бокьарав чи нахъчӏвазе нижеда ракӏалда гьечӏо.\nТӏоцебесеб иргаялда, цӏар чӏвазе буго тӏадегӏанаб лъай щварал, автомобиль бачине изну кьолеб документ бугел гӏолохъабазда, хадусеб иргаялда гурони, 18 сон барал къабул гьаруларо. Гьелъие гӏиллаги буго. Нилъер пачалихъалъул рагъулаб къуват цӏияб техникаялдалъун ва къуват тӏокӏаб яргъидалъун хьезабун цебетӏолеб буго, гьеб кинабго хӏалтӏизабизе хӏажалъула лъайги махщелги камилал гӏолохъаби», — ян бицана рагъулаб комиссариаталъул вакилас.\nКонтракталда рекъон, хъулухъ гьабизе бокьарал чагӏаз хӏадуризе кколел документазул ва цогидалги шартӏазул бицана Сергей Новиковас. Аслияб куцалда гьез хъулухъ гьабизе буго Ростов, Астрахань, Ставрополь, Волгоград шагьаразда ва Крымалда.\nЦо студентас бицана армиялде витӏиларедухъ гӏарацги кьун, рагъулаб билет гьабун букӏанин эбел-инсуца жиндие (унтарав вугилан). Гьанже гьединаб документгун жив кивениги хӏалтӏуде восулев гьечӏила, контракт хъвазе бокьани, кинаб нух жиндир бугебин гьикъана гьес.\nКигӏан кӏваниги, хӏалихьатаб иш гьабун бугилан абуна гьесда Хӏусен Гӏумархӏажиевас. Контракт хъвазе бокьун батани, гьеб рагъулаб билетгун цин мун вачӏине кколин рагъулаб комиссариаталде, гьеб хӏакъикъияб гуреблъун тасдикъ гьабизе. Гьелдаса хадур гьарулел тадбирал рукӏунин, гьелги тӏуран бегьулила контракт хъвазеги.\nЧанго батӏиял суалал кьолел рукӏана студентаз комиссариаталъулазе. Мисалалъе, цояс рехсана армиялда хъулухъ гьаби бусурбанчиясе карагьатаб бугилан динияб гӏелму цӏаларал чагӏаз загьир гьабулеб пикру. Гьединлъидал исламалъул тӏалабазда дандекколеб куцалъ хъулухъ гьабизе бегьулел бакӏал ругищилан гьикъана гӏолохъанчияс.\nРугилан жаваб кьуна гьалбадерица.\nГьединго цебе гӏемераб ахӏи-хӏур букӏунаан армиялда нилъер гӏолохъабаз гьарурал гӏорхъолъа рорчӏарал ишазулги.\nАмма ахирал соназда гьединал хӏужаби бицине гӏураб къадаралъ гӏемер гьечӏин, гьединлъидал бокьараб бакӏалде хъулухъ гьабизе ритӏизе бегьулел васал ругин нилъерилан абуна подполковник Хӏусен Гӏумархӏажиевас.\nАрмиялде гӏолохъаби ахӏиялъул тадбир нилъер республикаялда тӏобитӏизе буго апрелалъул авалалдаса 15 июлалде щвезегӏан."}
{"slug": "7454-konstitutsiya-k-ur-angi-gurel-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7454-konstitutsiya-k-ur-angi-gurel-ul", "title": "Конституция Къуръанги гурелъул…", "date": "2020-03-10 10:36:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏадегӏанав Аллагьасул цӏар — улкаялъул документалда.\nНилъер республикаялъул муфтияталъ рахъккуна РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьарулаго гьенибе Аллагьасул цӏарги босизе ккелилан цебеккунго патриарх Кириллица загьир гьабураб пикруялъул.\nКиналго халкъал гӏагар гьариялъе сабаблъун ккелин гьебилан абуна муфти Ахӏмадхӏажи-афандияс.\n«Улкаялъул бищун аслияб закон хӏисабалда, Конституциялъ жанире рачине ккола гӏадамазул рухӏияб напсалъул хаслъабиги. Щивав чиясул дин батӏияб букӏаниги, Бетӏергьан нилъер цохӏо вуго. Биччанте Гьесул цӏарги букӏине киназего гӏаммаб пачалихъалъул законалда. Цоцазда гьоркьоб гьуинлъиги цӏикӏкӏине, халкъалги гӏагар гьаризе, баракат букӏиналъе батаги нилъ рижарав Халикъасул цӏар Конституциялда», — ян абулеб буго республикаялъул муфтияс.\nАмма жибго Конституциялда хиса-басиял гьариялда тӏасан гӏадамазул батӏи-батӏиял пикраби руго."}
{"slug": "7455-khutiichio-bikhichieb-chiegierab-kh-akhiab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7455-khutiichio-bikhichieb-chiegierab-kh-akhiab", "title": "«Хутӏичӏо бихьичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб»", "date": "2020-03-10 10:39:32", "categories": ["insan"], "text": "Жакъа къварилъиялъ къвал бан бугони, метерисеб къоялъ гӏатӏилъи бачӏуна. Рохелалъ хисула пашманлъи. Жакъа дица гара-чӏвари гьабулев чиясги нахъа тана батӏи-батӏияб кьералъул гӏумру. Гьал къояздайин абуни гьес тӏубала 70 сон. Щивха кколев гьев, Муса Азаев?\nКинабго букӏана Мусал гӏумруялъулъ. Сонгицин – халкъазда гьоркьосеб Гӏали Гӏалиевасул тӏоцебесеб гугариялъул рахъалъ турниралда, 57 килограмм цӏайиялда, тӏоцевесев чемпион вахъанин бахъараб гьаркьица, битӏахъе дандерижиялъ зобал гъугъазарулел ругин кколаан. Къого сонил ригьалде вахинчӏеб Мусал бергьенлъиялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна мунагьал чураяв Гӏали Гӏалиевасги. Гьеле гьелдаса нахъе чорхолъ бугеб цӏаги жиндирго цӏарги ясбер гӏадин цӏунана гьес.\nАна сонал, сверана дунял. Тӏадегӏанаб лъайги босун вачӏана инсул росулъе. Адаб-хӏурматалда къабул гьавуна гӏагараб Дилималъ. Батӏияб къагӏидаялъ букӏине ресги букӏинчӏо. Абула кутакалда захӏматго букӏунин гӏумруялъго живго жиндаго релълъарав инсанлъун хутӏизе. Мусайин абуни хутӏана хиси гьечӏевлъун, сундуего хилиплъичӏо гьев.\n— Дица гьабулеб хӏалтӏиги, тӏаде босараб ишги намус бацӏцӏадго тӏубаялда цадахъ букӏине ккола гӏаданлъиги. Гьеб кинабго куцазе ккола сверухъ ругезулъги, — ян гӏемер такрар гьабула Мусаца.\nИнституталда щвараб лъаялда рекъон, Дилим росдал тӏоцебесеб школалда физкультураялъул дарсал кьезе байбихьана Мусаца. Байбихьана гугариялъе лъимал куцазе.\n— Къваригӏун букӏана база гӏуцӏизе. Букӏинчӏо гӏадатияб бугониги гугарухъабазул зал, гъоркь тӏамизе ургу, гьеб лъезе бакӏ. Нечараб хабар бугониги, хӏажатханаби рукӏарал бакӏалги риххун, гьабуна гугарухъабазул ургу лъезе бакӏ. Гьединаб бакӏалда куцана СССРалъул чемпионлъун вахъарав Мухӏамадгӏазизов Гӏазиз.\nБихьана киназдаго Мусал хӏаракатчилъи. Кӏиго-лъабго сонил болжалалда жаниб СССРалъул чемпион куцазе кӏварав чиясе, гугарухъабазул школа Дилималда рагьизе хӏалкӏун кумек гьабизе кколин кӏалъана Олимпиялъул хӏаязул чемпион Загъалав Гӏабдулбегов. Гьесулго рахъ ккун рагӏи абуна щуцӏул Дунялалъул чемпион Гӏали Гӏалиевас. Росдал школалда мугӏалимлъун хӏалтӏизе вачӏараб къоялдаса нахъе, анищлъун букӏараб, лъималазулгун гӏолилазул спортивияб школа рагьана Дилималда 1974 соналда. Гьелдаса нахъе ана 46 сон. Гьеб болжалалда жаниб Казбек районалъул лъималазулгун гӏолилазул спортивияб школалъ, Муса Азаевасул нухмалъиялда гъоркь, куцана халкъазда гьоркьосеб спорталъул кӏиго мастер, анцӏгониги СССРалъул мастер, 15 Россиялъул мастер. Гьезда гьоркьор руго Европаялъул чемпион Сулайман Гӏамиралиев, Дунялалъул чемпионаталда гӏарцул медаль босарав Заирбег Музаров, лъабцӏул халкъазда гьоркьосеб гугариялъул рахъалъ Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда бугеб турниралъул чемпион, Иван Ярыгинил Гран-при турниралда бергьенлъи босарав Гӏумар Гебеков. Гьел бергьенлъабазул хӏасилазе гӏоло Муса Азаевги мустахӏикълъана «ДРялъул мустахӏикъав спорталъул хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъе, щвана «РСФСРалъул лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан» абураб шапакъатги.\n— Муса, спортивияб рахъалъ гуребги, дуца гӏемераб хӏаракатчилъи бихьизабуна ва бихьизабулебги буго жамгӏияб хӏалтӏулъги. Цо кидаялиго хабар ккедал, дуца бицун букӏана тӏоцебе районалда ополченцазул къокъа гӏуцӏарав чи мун вугин, гьебги букӏанин 2003 соналъул февраль моцӏилан…\n— Дудаги ракӏалда батила «демократияйин» абураб рагӏиги кьочӏое босун, Ленинаул росулъ 1992 соналда гӏавухъазул район гӏуцӏиялда хурхун чачаназулгун алмахъазул букӏараб багъа-бачари. Доб заманалдаго бичӏчӏулеб букӏана гьеб гӏададисеб иш гуреблъи. Гьединал лъугьа-бахъиназул хӏисабги гьабун ккараб хӏукму буго ополчениялъул къокъаби гӏуцӏи. Гьенирги мекъи ккечӏо. Байбихьуда цо къокъа гӏуцӏун букӏана Дилималда, хадуб – Калининаулалдагун Ленинаулалда ва Буртунаялдагун Алмахъалда. Ополчениялъул гьел къокъаби гӏуцӏиялъе кумек ккана 1990 соналда гӏуцӏун букӏараб имам Шамилил цӏаралда бугеб халкъияб фронталъулги. Доб заманалда дун вищунги вукӏана гьеб фронталъул председательлъун. Гьабураб хӏалтӏиги гӏадада ккечӏо. 1999 соналда ккарал лъугьа-бахъиназе хӏалае батана.\n— Дида рагӏана дуца РФялъул президент Владимир Путинида, Болъихъе гьев вачӏиндал, абурал рагӏаби, ай абуна гьадин: «Владимир Владимирович, мы тогда в 1999 года ботлихцам на помощь прибыли до зубов вооружёнными. Заранее купленное оружие нам пригодилось здесь на войне», — ян. Гьел рагӏабаз кумек гьабун батила дуе гьесда аскӏов гӏодов чӏезе ва нусго грамм борхизе?\n— Нусго граммин абуни битӏун буго, амма щиб доб истаканалда жаниб букӏарабали дидаги президентасдаги гурони лъаларо. Гьесда аскӏов чӏезавиялъе кинаб гӏилла ккарабалиги дида лъаларо. Букӏун батилаха Аллагьасул хӏукму.\n— Гӏатӏилъиялдаго цадахъ пашманлъиги камуларин абула. Дурги гӏумруялъулъ рукӏана ракӏбакъваял, камиял. Лъикӏлъулареб ругъун лъун буго жакъаги дур рекӏелъ, гӏумруялдаса гӏолохъанго дур вас Гӏали ватӏалъиялда бан…\n— Дин ккурав, мекълъи-тӏекълъи бокьуларев вас вукӏана Гӏали. Щибха гьабилеб, гьелъиеги цо гӏилла батила Бетӏергьанасул. Гьеб къваридаб къоялдаса нахъе байбихьана дица назмаби хъвазе, дирго къварилъи къватӏибе гьурщизе. Дунялалъулго тӏагӏам хвана. Хӏукму гьабуна Гӏалил цӏаралда мадраса базе. Дун гьедигӏан буголъиялъул, магӏишаталъул рахъалъан бечедав чиги гьечӏо, бугониги тӏаде босана кӏудияб хӏалтӏи. Тӏадегӏанав Аллагьасул кумекалдалъун лъабтӏалаяб, 200 мутагӏиласе цӏализеги, рега-рахъинеги, квана-гьекъезеги ресал ругеб мадрасаялъул мина бана ва гьеб хӏалтӏулеб бугелдаса микьгониги сонги буго. Дагьаб ракӏ парахалъараб гӏадинги ккана.\n— Баркала, Муса. Тарихалдалъун гӏезегӏан бечедаб гӏумру нахъа тана дуца. Сахлъиги къуватги кьеги дуе, гӏадамазе гьабулебщинаб рагӏалде бахъинабиялъе."}
{"slug": "7456-chiakhiil-churpayalde-kh-at-khanzhdalgi-ban", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7456-chiakhiil-churpayalde-kh-at-khanzhdalgi-ban", "title": "Чӏахӏил чурпаялде хъат ханждалги бан", "date": "2020-03-10 10:46:10", "categories": ["insan"], "text": "«…Такъия къотӏулеб\nкъвакӏчармил хвалчен\nКъотӏарабищ бетӏер\nгирманиясул.\nКьалул майданалда\nдуде хӏал ккани,\nХӏалае ячӏине дун хӏадур йиго.\nВай, чӏегӏераб сардилъ\nщолеб шагьримоцӏ,\nЧӏалгӏун йигин абе\nдун Гъобзаласда.\nДунги йигин абе\nдир гьудуласда\nКӏазил рагӏалалда\nмагӏил хӏорги чӏун…»\nРагъ байбихьараб заманалда кӏиго лъагӏелцин букӏинчӏо гьал кочӏол мухъазулъ рехсолев Мачӏадаса Гъобзаласул яс Патӏиматил. Инсул сипат ясалъул рекӏелъ хутӏичӏо, гьев рагъда къанщана. Патӏиматил ракӏалдещвеяз рагьулеб буго лъимерлъуда рекӏелъ тарал лъалкӏал.\nХурибе хьазецин хьон букӏинчӏо\nДир гӏелалъул лъимал, хехго кӏудиял гӏурал, захӏмат хӏехьолел рукӏана. Бергьенлъиялъул хабар щун рохел рещтӏаниги, гӏемерисев чи вукӏана кӏудияб ресукълъиялда. Ролъул хинкӏ, чед кваназе щвани — гьеб букӏана цӏакъ кӏудияб рохел. Нижер эбелалъ щиб-щибниги букъун, бича-хисун ракъи бихьизе течӏо лъималазда.\nЦӏоросаролъил хӏокӏ, куракул пурчӏун бекун, хъирщун хутӏараб хъалгицин ххенолаан гьабихъ. Гьелда ханждал хъатги жубан, буцун къанида бежулеб чадида цо-цо нухалда цӏа рекӏунаан, тӏадагьлъиялъ. Черх бацине бугебги ретӏел рукъалаби гӏемерлъиялъ, кинаб кьералъул ххамил, сундул гьабурабали лъалареб букӏана.\nКъаси нартил чирахъалъул канлъухъе хьвацӏаги гъоркь ккурал буртинадул хьитал гьарулаан руччабаз. Нижер эбелалъулги букӏана гьелъие махщел. Гьединалгицин хьитал щвечӏого, жибго къехь хӏатӏида жемулелги рукӏана гӏемерал.\nТӏагӏамалъе цӏам, чирахъалъе нарт босизе лъелго Шурагьире, Гӏанжиялде унаан. Рагъде ун рокъов бихьинчи хутӏичӏел руччаби-лъималазе букӏана кӏудияб къварилъи.\nРакъун, свакан ругониги, хӏалтӏуе квалквал ккезе толароан. Къаде кваназе, хӏухьбахъизе рокъоре рачӏинчӏого, тӏубараб риидалил къоялъ магъилъго рукӏунаан руччаби. Ресалда рекъон рокъоса цадахъ босараб къадеквен киназго дандбалаан. Бищунго цӏакъаб нигӏмат гӏадин тӏагӏамалда, тӏаде лъимги гьекъон, кваналаан гӏатӏал, ролъул хинкӏ-чед нисугун цадахъ.\nРикъзи къанагӏалъаниги,\nракӏал гӏатӏидаб заман\nРагъдаса хадуб бохдузда бахъун чӏолеб букӏана улкаялъул халкъияб магӏишат. Кваникълъигун ратӏликълъи бугониги, гӏадамал рукӏана цоцалъ хӏал рекъарал, ракӏал гӏатӏидал, аваданал.\nРикъзи къанагӏатаб заман бугониги, ригьин гьабулаан жамагӏатго бакӏарараб сухӏматги гӏуцӏун. Щибаб хъизамалъ жидерго ресалда рекъон, чедгун нису кьунги, берталъе щванщинав чи кваназавичӏого толароан. Рокъор лъимал ругел улбуз цадахъ босулаан жидецаго кванан хутӏараб чадил кесек. Кигӏанго цӏакъ рокъоб къварилъи бугониги, яхӏалъ гьеб къватӏиб лъазе толев чиги вукӏунароан.\nЦо чанго соналдаса щиб-щибниги къайи-цӏа бачӏана тукабазде бичизе, баккана ххам-чит, палатӏний (штапель), росизе щолаан резиналъул калощал, хӏебтил хьитал. Палатӏноялъул гурде щварав чи чӏухӏарав чи вукӏана. Резнил калощал, цӏвакарал жалги рукӏун, берталъги-жоги ретӏунаан, чӏухӏарал хьиталлъун рикӏкӏунаан гьел. Гьеб букӏана магӏишат-яшавалъе бигьалъи бачӏараб, жидецаго гӏезарурал нигӏматазул гьуинлъи чӏвараб заман."}
{"slug": "7457-yachun-chiuzhu-tana-gavun-vas-tana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7457-yachun-chiuzhu-tana-gavun-vas-tana", "title": "«Ячун чӏужу тана, гьавун вас тана»", "date": "2020-03-10 11:04:21", "categories": ["insan"], "text": "Цӏибараб мина, гӏолохъанай лъади Патӏимат, дадайин абизе гӏечӏев вас Мухӏамад — миллионал цогидазулго гӏадин, лъукъана рагъалъ цоги гӏолохъанаб хъизаналъул талихӏ.\n1940 соналда армиялде ана, гьенисаги рагъде витӏана Шамил районалъул Гӏасаб росулъа Хизри Гьитӏинамухӏамадов. Лъагӏел сверилалде тӏаде швана чӏегӏербараб ругьел.\nРагъдаса вуссинчӏев росасул цӏаруе хилиплъичӏого гӏезавуна Патӏиматица вас. Чӏахӏ кванан рухӏ хвасарлъарал улбузул лъимал хехго кӏудиял гӏуна. Рагъул ругъналгун тӏадруссарал ракьцоял рихьигун, руссинчӏого бидул хӏоринир кьалул майданалда хутӏаразул бицен рагӏарабго, Хизрил Мухӏамадилъги щулалъулеб букӏана «дун хирурглъун вахъина» абураб пикру.\nКъахӏиб росдал школа-интернаталда гьоркьохъеб лъайги щун гьев цӏализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Цӏали лъугӏидал, 1969 соналдаго Мухӏамадида тӏадкъана Цӏумада районалъул санэпидстанциялъе нухмалъи гьабизе. Ункъо соналдасан, медицинаялъул гьоркьохъеб лъай щварай хъизан Алжанатгун, гьев вачӏана жиндирго районалъул централияб больницаялде хӏалтӏизе. Хирургасул махщалида цадахъго Хизроевас гӏемерал соназ нухмалъана райбольницаялъул рентгенологиялъеги, жеги тӏубазабулеб буго тохтур-онкологасул хъулухъги.\nБукӏуна мех бачӏинахъего дару-дарманалъ унтарасе кумек гьабулареб, тохтурасул недегьаб калам хӏажатаб. Гьединав чиясул къварилъи, ургъел бичӏчӏулев, кӏваркьун гӏенеккизе лъалев, сабурав, ракӏбатулеб рагӏи бицунев, гӏажаибго берцинаб гӏамалалъул инсан вуго Мухӏамад.\nЗахӏматаб масъала буго 80 сонил гӏумруялде вахарав чиясул махщалил, щварал шапакъатазул ва 52 соналъ цадахъ гӏумру тӏамулел рос-лъадул хӏакъалъулъ гьитӏинабго макъалаялда хъвазе. Къокъго абуни, тохтурзабазул хъизанин абизе бегьула Хизроев Мухӏамадил тӏолабго наслуялдаго. Гьев бищунго разияб бечелъилъун батила гӏадамазе пайдаяллъун рахъарал щуялго лъимал — ункъо яс ва цо вас. Гьезулги ункъоял — тохтурзаби. Жакъа гьел киналго руго мисал босизе мустахӏикъаб даражаялда, улкаялъул, республикаялъул сахлъи цӏуниялъул идарабазда, муниципалиял хъулухъазда хӏалтӏулел.\nРакӏчӏараб божилъигун уна ракьцоял, Москваялъул академик В. Шумаковасул цӏаралда бугеб Россиялъул миллияб сахлъи цӏуниялъул цӏех-рехазул централда хӏалтӏулев вугев хирург, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат Хизри Хизроевасухъе кумек гьарун. Риидалил заманалда хӏухьбахъизе яги жиндирго къваригӏелалъ ватӏаналде щведал чанги унтарасул мурад тӏубала гьес.\nДРялъул мустахӏикъав тохтур Мухӏамадица чанги ракӏалде щвезабула жиндирго лъимерлъи, балугълъи, жиндие гӏоло эбелалъ баччараб къварилъи. Гьес такрар гьарула эбелалдаса рагӏарал, рагъде унаго инсуца абурал рагӏабиги:\n«Ячун чӏужу тана,\nгьавун вас тана,\nЖеги цӏа бакичӏеб\nцӏияб рукъ тана»."}
{"slug": "7458-dij-dob-multikalda-bugeb-rasankio-bose", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7458-dij-dob-multikalda-bugeb-rasankio-bose", "title": "«Дий доб мультикалда бугеб расанкӏо босе!»", "date": "2020-03-10 11:08:30", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Гӏорцӏараб, цулъараб, пахруяб, жидерго умумузулцин гӏумру лъазе тӏалаб гьабулареб наслу бихьидал пашманлъула ракӏ.\n«Дий доб мультикалда бугеб расанкӏо босе! Гьал ясикӏаби чӏалгӏана, цогидаб босе, «Беби бон» бокьун буго. Гьеб тайпаялъул гьоркьохъеб цо ясикӏоялъухъ кьолеб гӏарац чадил багьаялде бикьани 70 буханкаялда бащалъула.\nЛъимаде цӏикӏкӏараб рокьи — бокьанщинаб боси, эбел-инсуе цӏаргун рецц. Ратӏлил, расанкӏабазул цӏун руго хъурщаби, шкафал.\nХӏалтӏул къоялъул ахиралда ясли-ахалдаса рачине рачӏиндал данде рекерула: «Дада, баба, щиб дие жакъа босараб? Рилълъа тукаде…», — эркенаб гӏумру, телефоналъулгун магьари лъураб гӏел.\n«Щуйилаб босани, курорталде вачина, кӏийилаб хисани, велосипед босила…» — дармиде буссараб тарбия, ричун росулел къиматал, дипломал, хъулухъ…\nНагагьаб лъимер буго тӏехьалде, тӏабигӏаталде рокьи бугеб.\n— Баба, маргьа цӏалеха дие?\n— Дуе тӏахьал цӏализе заман гьечӏо, мультикалъухъ балагье.\n— Дада, рилълъаха тӏабигӏаталде, лъарал рагӏалде.\n— Щиб гьениб бугеб? Дица нуж «детский городокалде» рачина качелабазда рекӏине. Гьедин лъукъула лъавукъал эбел-инсуца, лъимадулъ тӏирщун бачӏунебги лъикӏаб тӏор. Гьезул заман гьечӏо умумузда бихьараб къварилъи рекӏелъе биччазе, харабазул ракӏалдещвеязухъ гӏенеккизе.\nРагъул заманалъул лъимал, кинаб букӏараб гьезул гӏумру? Гӏемераз бицунищ гьелъул гьанжесел наслабазе? Ракъиялъ гьорон хварал лъималазул хабар харабаца бицунелъул, битӏахъе бецӏцӏула ракӏ. Гьезул кьерилал рукӏана дол…\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул сонал. Чӏахӏил чурпаялде хъат ханждалги бан рухӏ хвасар гьабулеб захӏматаб заман. Гӏанкӏудал хоноялда, нахул килоялда лъураб магъало. Хӏикматаб бахӏарчилъиялъул ва къохӏехьеялъул заман букӏана гьеб. Кьалде арал гӏолохъаби гурелги, захӏматалъул армиялъул мухъде лъелго хандакъал рухъизе ритӏарал чанги магӏарул руччаби-ясал нахъ руссинчӏо. Къадекванил бакӏалда, маххул банкаялда жаниб гӏаздал лъимги гьализабун, цӏамулъ лъураб цо-цо ччугӏа кьолеб букӏун буго гьезие кваназе. Гьениса чӏаго руссаразул гӏемераз гӏумруялъ ччугӏа кваначӏо.\nХӏалтӏул бакӏлъиялда рекъон рикъзи щвечӏого загӏиплъун унтарал гьел, гьакида лъун тӏад руссун росулъе ритӏулел рукӏун руго. Цо-цоял нухдаго къадар щун чияр росабалъ рукъиялъулги хӏужаби руго. Хвел гӏемерлъун букӏана росабалъ. Хоб бухъун жаназа букъиги харабаздагун улбузда цадахъ тӏубалаан жеги балугълъичӏел ясазгун васаз.\nПашманаб букӏана магӏарухъ руччабаз магӏу щущалаго балъго ахӏулеб сарин. Гьеб магӏуялъулъ щияй чӏужугӏаданалъ жиндиего къиматаб цӏарги рехсолаан."}
{"slug": "7459-khiak-ik-atal-ul-g-asda-chiarada", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7459-khiak-ik-atal-ul-g-asda-chiarada", "title": "«Хӏакъикъаталъул» гъасда ЧӏАРАДА", "date": "2020-03-10 11:17:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏи гьарулел руго\nнухалгун кьоял\nЦӏуриб-Арчиб нухлул тӏоцебесеб километралда къокъаб заманалда жанир гьарун рагӏалде щвана хъил тӏеялъул хӏалтӏаби. Гьеб ишалъе цебехъанлъи гьабуна районалъул нухазул идараялъул нухмалъулев Исмагӏил Мусаевас. Анцӏ-анцӏ соназ районалъул гӏадамазе ва гьалбадерие кӏудияб хӏинкъи букӏана гьеб нухдасан хьвадиялъе. Ахир-къадги тӏубана киназего гӏахьалаб анищ. Жакъа къоялде гьел нухал гӏатӏид гьаруна, тӏун лъугӏана хъил, цӏигьаруна лъим чвахиялъе рогӏрал ва щулалъиялъул къедал.\nРайоналъул захӏматчагӏаз ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьеб ишалъе гӏарцул сурсатал риччарал «Дагъавтодоралъул» нухмалъулезе, ремонтал гьаризе бажари бихьизабураб районалъул нухазул идараялъул нухмалъулезе. Къарал гӏурудаса бан рагӏалде щолеб буго цӏияб кьо. Гьеб ккола Чӏарада росдада аскӏосан унеб Цӏуриб-Гьочоб нухазда гъорлъе.\nЛъим бачиналъе хӏаракат\nДагьаб цебе Чӏарада росулъ гьарун рагӏалде щвана цӏияб лъим бачиналъул хӏалтӏаби. Захӏматал тӏабигӏиял ва хасалил шартӏазде балагьичӏого, росдал администрациялъ лъикӏаб жигарчилъи гьабуна гьел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе. Гьеб баракатаб хӏалтӏуе гӏарцул кумек гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат М. Сагӏадулаевас.\nГьединабго манзилалда Гьочоб росулъги цӏияб лъим бачиналъул хӏалтӏаби рагӏалде щвана. Гӏарцулаб кумек гьезие гьабуна Дагъистаналъул хӏукуматалъ. Районалда хадурккунги гьаризе хӏисабалде росун руго нухал гьариялъул ва лъим бачиналъул хӏалтӏаби."}
{"slug": "7460-khiak-ik-atal-ul-g-asda-chiarada", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7460-khiak-ik-atal-ul-g-asda-chiarada", "title": "«Хӏакъикъаталъул» гъасда ЧӏАРАДА", "date": "2020-03-10 11:21:30", "categories": ["obshestvo"], "text": "Советияб армиялдаса тӏадвуссаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан дица кидаго подписка гьабуна нилъер республикаялъул «Багӏараб Байрахъ», гьанже «Хӏакъикъат» ва районалъул «Гӏияхъан», гьанже «Чӏарада» газетазе.\nДун почалда хӏалтӏана 18 соналъ. Гьеб заманалда гӏадамаз хъвалаан гӏемер батӏи-батӏиял газетал. Ракӏалда буго, 90-абилел соназ «Хӏакъикъат» газеталъул тираж цохӏо Чӏарада районалда бахунаан 1800-1900 экземпляралде, «Гӏияхъан» газеталъулин абуни – 3500-ялде.\nКинал нилъ магӏарулал рукӏунел нилъер мацӏалъулги газетазулги хӏурмат гьабуларел? Хал гьабе нужеца, «Хӏакъикъат» газеталъул подпискаялъухъ бащдаб лъагӏалие уна 500 гъурущ, «Чӏарада» газеталъухъ — 250 гъурущ. Харж бугел чагӏазе, пенсионеразе гьеб гӏарац цо лъагӏалида жаниб кӏудияб къадар кколаро.\nСоветияб заманалда нилъер район подпискаялъул рахъалъ Дагъистаналда букӏунаан 3-4-абилеб бакӏалда.\nГьабсагӏат «Хӏакъикъат» газеталъул редакторлъун хӏалтӏулев Гӏумахан Гӏумахановасухъа къокъабго заманалда жаниб бажарана газета гӏадамазе рекӏелъ босараблъун гьабизе. Гьелдаса бихьулеб буго гьев чиясул нилъер Ватӏаналде, магӏарулазде, мацӏалде бугеб рокьи, миллаталъего лъикӏлъи гьабизе бугеб хӏасрат. Щиб лъугьараб цо миллионалде гӏагарун чи вугеб магӏарул миллаталъе? Щай нилъ кӏвахӏаллъулел анкьие нилъер умумузул мацӏалда бахъараб цо-кӏиго газета цӏализе, щай барахщулел дагьалго гъурщазда?\nГьабсагӏат Дагъистаналда «Хӏакъикъаталъул» тираж щуазаргоялде гурони бахун гьечӏо, цӏакъго дагьлъун руго райгазета хъвалелги. Гьедигӏанаб къадар газетазул кӏола 3-4 районалда хъвазе.\nДица рикӏкӏуна нилъ рухӏияб рахъалъ нахъе кколел ругин. Культураялъул гъасда цӏакъго кӏвар бугеб кколеб газеталъе подписка гьабичӏого кинго тӏубаларо. Щибаб хъизамалъ хъвазе ккола магӏарулазул аслияб газета ва жидерго районалъул газета. Гьадигӏанго кӏвар гьечӏел нилъеда кинан кӏвезе бугеб магӏарул мацӏ цӏунизе? Лъималазда, лъималазул лъималазда гӏагараб мацӏ лъачӏого хутӏизе кӏудияб хӏинкъи буго жакъа. Рачӏа, магӏарулал, нахъе тӏамичӏого, киназго цадахъ районазда, росабазда гьоркьоб къецги ахӏун, «Хӏакъикъат» ва нилъерго бакӏалъулал газетазе подписка гьабизе. Нуж божа, гьелдалъун кӏудияб квербакъи букӏина жалго газетазул коллективазе гуребги, тӏолабго нилъер миллаталъе! Газетал гӏуцӏулелги кидаго ратизе руго халкъалъе хӏажаталъур.\nРахьдал мацӏги цӏуне, магӏарул газеталги хъвай!"}
{"slug": "7461-chiaradisezul-gunar-millatal-ul-bechel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7461-chiaradisezul-gunar-millatal-ul-bechel-i", "title": "Чӏарадисезул гьунар — миллаталъул бечелъи", "date": "2020-03-10 11:23:26", "categories": ["lit"], "text": "Республикаялъулго гьумер берцин гьабулеб буго нилъер маданияталъул гьунарчагӏаз. Гӏагараб ракьалда кьучӏги лъун, гӏатӏилъухъе боржараб чӏарадисезул хоралъ, чӏагояб гьаракьалъ бакъан биччалел кочӏохъабаз, фольклоралъул гӏахьалчагӏи церерахъиналъ бечед гьабула кигӏан кӏудиябги тадбир.\nЧӏарадисезул хоралъул гьунар бихьизе рес щолеб буго республикаялъул батӏи-батӏиял районазул, шагьаразул гӏадамазе. Гьаб гӏагараб заманалда, жидерго концерталъул программагун чӏарадисезул хор гӏахьаллъана Избербашалда, Хьаргаби районалда, Махӏачхъалаялда тӏоритӏарал тадбиразулъ.\nДагьалъ цебе Авар театралда букӏараб магӏарул мацӏалъул фестивалалда гӏахьаллъи гьабуна нилъер районалъул культураялъул ва искусствоялъул хӏаракатчагӏазул кӏудияб къокъаялъ. Гьелдаса кӏудияб разилъиги загьир гьабуна фестиваль гӏуцӏараз, Магӏарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ.\nАвтономиялъул рахъалдаса баркалаялъул кагътал ва сайгъатал кьуна районалъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовасе, чӏарадисезул хоралъе, ДРялъул мустахӏикъай артистка Жавгьарат Хӏасанхӏусеновалъе. Магӏарулазул автономиялъ щибаб лъагӏалие кьолеб бищунго тӏадегӏанаб «Миллаталъул чӏухӏи» шапакъаталъе исана мустахӏикълъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, меценат Мухӏамад Сагӏадулаев, тарихалъул гӏалимчи, публицист Шагӏбан Хӏапизов (Маркъо Шагӏбанов)\nБаркула къадруял ракьцоязда тӏадегӏанал шапакъатал."}
{"slug": "7462-rokhil-akhal-uda-vatana-k-urban", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7462-rokhil-akhal-uda-vatana-k-urban", "title": "Рохьил ахалъуда ватана Къурбан", "date": "2020-03-10 11:25:08", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "22 февралалда Чӏарада районалъул Гьилиб росулъ вилана лъабго сон барав вас. Кватӏичӏого васасул эбелалъ ахӏи бана районалъул полициялъул отделалде.\nВас валагьизе журана гӏемерал чагӏи – районалъул СЧСалъул ва Дагъистаналъул МЧСалъул хӏалтӏухъаби, Чӏарада, Болъихъ, Лаваша РОВДязул кинологал, хӏалтӏухъаби, районалъул росабазул гӏадамал, «Лиза Алерт» хвасарлъиялъул отрядалъул волонтёрал. Гьединал къояз бихьула нилъер халкъалъул гъунки, цолъи.\nТӏоцебесеб къоялъ вас вугеб бакӏалде тӏаде ккечӏо. Хадусеб къоялъул къалъул гӏужалда, росдадаса 2,5 километралъ рикӏкӏада бугеб рохьил ахалъуда, гӏазу гьечӏеб гӏурдал бокӏонги балагьун, гьенив кӏусун ватана гьитӏинав Къурбан. Гьесул хӏатӏал, кверал, гьумер квачалъ цӏорозарун ругоан. Гьеб бакӏалдаго байбихьана тохтурзабаз васасе кумек гьабизе. Хадуб санитарияб вертолетги ахӏун, вас витӏана Махӏачхъалаялъул лъималазул клиникияб больницаялде. Гьабсагӏат васасул сахлъиялъе хӏинкъи гьечӏо. Гьеб лъугьа-бахъиналъул пикруги гьабун, бокьилаан киналго эбел-инсуца лъималазда хадуб халкквей цӏикӏкӏинабуни."}
{"slug": "7463-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7463-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-03-10 12:17:00", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Махӏачхъала шагьаралъул Батирайил къватӏалъул №39/18 адресалда гӏумру гьабун вугев С. Шамсудиновас редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Анцӏго сон буго коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац кьезе дун хьвадулев вугелдаса.\nГьебго къваригӏелалъ МФЦялде рачӏуна 70-90 сон барал харабиги. Киназулго буго цо суал: «Газалъул ва токалъул счетчиказул бихьизабиязда рекъон щибаб моцӏалъ нижеца гӏарац кьола. Киса росунха токалъул ва газалъул идарабаз нижеда тӏад налъаби хъвалел?» — абураб. «Гьелъул хӏакъалъулъ цӏехезе токалъул ва газалъул бетӏерал управлениязде а», — янги абун, гӏарац босулел ясаз ниж тӏаса рихьизарула. Мисалалъе, дихъ букӏуна щу-щу квитанция, гьел ккола счетчиказул бихьизабиязда рекъон, коммуналиял хъулухъазухъ дица гӏарац кьун букӏиналъул хӏужаби. Амма кассиралъ дихъа тӏалаб гьабула пуланаб къадаралда «налъи» бецӏи. Киб гьеб букӏарабилан цӏехедал, абула жидер компьютералъ гьедин бихьизабулеб бугилан. Лъикӏ буго, босе 350-400 гъурущ ва квитанциялда тӏад хъвай налъи бецӏанилан. Хъваларо, лъабабилеб моцӏалъги бачӏуна гьедигӏанасебго налъи бугилан. Бокьилаан гьелъул мухӏканлъи лъазе?» — ян.\nГьаб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъул хӏалтӏухъаналъ (гьелъ гьарана, цӏар хъвагеян):\n— 2008 соналъул 21 июлалда къабул гьабураб «Правила поставки газа» абураб №549 документалъул 21-абилеб пункталда рекъон, газалдаса пайда босулев абонентасда тӏадаб буго щибаб моцӏрол 25-абилеб къоялде, счетчикалъул бихьизабиялда рекъон, гӏарац кьезе. Гьеб кьунилан абун, квитанциялдалъун яги цоги къагӏидаялда поставщикасда, ай нижеда лъазабизеги. Бихьизабураб заманалда абонентас поставщикасда счетчикалъул бихьизаби лъазабичӏони, гьебги лъабго моцӏидасан цӏикӏкӏине бегьуларо, бухӏараб газалъухъ гӏарац, гьоркьохъеб хӏисаб гьабун, моцӏалъ хӏалтӏизабулеб газалъул объемалъул хӏисабалда рикӏкӏуна. Гьелдаса нахъе абонентас счетчикалъул бихьизабиялда рекъон гӏарац кьезе байбихьани, рехсараб №549 документалъул 31 пункталда рекъон, гьес, счетчикалъул халгьабизе ва гьелъул бихьизаби бахъизе «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялде жидерго вакил витӏеян хитӏаб гьабизе ккола.\nРФялъул Жилищнияб кодексалъул № 155 статьяялъул 14-абилеб пункталда рекъон, бухӏараб газалъухъ унеб гӏарцул къадар тӏаде къотӏулеб гӏакӏа-пениялъул роценалда цӏикӏкӏуна. Гьеле гьеб ккола газалъул идарабаз тӏад «налъаби» (начисление) лъеялъе бугеб аслияб гӏилла. Гьеб киналъулго хӏисаб-суалги начислениеги тӏубазабула компьютералъ.\nБухӏараб газалъухъ счетчикалда бихьизабуралдаса цӏикӏкӏараб къадаралда гӏарац тӏад хъван батани, абонентас щибха гьабизе кколеб? Гьес гӏарза хъвазе ккола «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъул газалдалъун хьезариялъул отделалъул начальникасухъе, гьелда цадахъ къваригӏуна счетчикалъул экраналъул суратги, ахирисеб нухалда бухӏараб газалъухъ гӏарац кьеялъул квитанцияги. Гьелда рекъон, контролерас хъвала счетчикалъул хал гьабиялъул хӏакъалъулъ акт ва кколелдаса цӏикӏкӏараб къадаралда газалъухъ гӏарац босун батани, нижеца цӏидасан гьелъул хӏисаб (перерасчет) гьабула.\nСчетчикалъул бихьизаби нахъе бачин рикӏкӏуна газ бикъилъун, нижер контролеразухъ бугеб приборалъ гьеб такъсир бигьаго тӏатинабула ва къотӏула счетчикалъул хважаинасде гӏакӏаги.\nШамсудиновасул гӏарзаялда бицунеб бугеб токалъул налъабазул хӏакъалъулъ гьадин бичӏчӏизабуна «Дагъэнергосбыт» ОООялъул хӏалтӏухъан Тимур Мухӏамаевас.\n— Токалъухъ босулеб гӏарцул къадаралъул рахъалъ щаклъи батани, абонентас гӏарза хъвазе ккола «Дагъэнергосбыталъул» энергоснабжениялъул отделалъул начальникасухъе, гьелда цадахъ къваригӏуна счетчикалъул экраналъул суратги, ахирисеб нухалда бухӏараб токалъухъ гӏарац кьеялъул квитанцияги. Гьел документазда рекъон, контролерас хал гьабула счетчикалъухъ ва, гьелъул бихьизабиялда рекъон, хъвала акт. Мекъи босараб гӏарац тӏад буссинабула яги хадусеб моцӏалда бухӏараб токалъухъ рикӏкӏине тола.\nБухӏараб газалъухъги токалъухъги жиндир заманалда гӏарац кьечӏолъиялдалъун абономентасде тӏаде гӏарац бачӏин ккола федералиял компанияз ургъараб жо, Дагъистаналъул компаниязул гьеб хисизабизе ихтияр гьечӏо.\nГьабго суалалъе гьадинаб жаваб кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏмадовас:\n— «Коммуналиял хъулухъалдаса пайда босиялъул низамазул» 59-абилеб пункталда рекъон, бухӏараб газалъухъ ва токалъухъ гӏарац рикӏкӏуна кӏиго батӏияб къагӏидаялда: счетчикалъул бихьизабиялда рекъонги гьадинго хӏисаб гьабунги. Кӏиабилеб къагӏида къанагӏат хӏалтӏизабула: счетчик хун бугони, хӏисабалъулаб болжалалда абонентас счетчикалъул бихьизаби кьун гьечӏони ва счетчикалъул бихьизаби бахъизе контролер виччачӏони.\nСчетчикалъул бихьизабиялдаса цӏикӏкӏун гӏарац босун батани, дуца гьабизе ккола:\n1. Хал гьабе, счетчик хӏалтӏиялъе бихьизабураб заман ун бугищали ва гьелда пломба бугищали.\n2. Кагътидаги хъван, счетчикалъул бихьизаби кье коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац бакӏарулеб идараялде.\n3. Кагътидаги хъван, гьеб идараялъухъа тӏалаб гьабе счетчикалъул халгьаби. Халгьабун хадуб, тӏалаб гьабе дуда тӏад хъвараб гӏарцул (начисление) мухӏканаб хӏисаб (гьебги кагътида).\nСчетчикалъул бихьизабиялда рекъон, жиндир заманалда дуца гӏарацги кьун батани, тӏалабазда рекъон счетчикги хӏалтӏулеб бугони, коммуналиял хъулухъазухъ духъа цӏикӏкӏун босараб гӏарцул хӏисаб (перерасчет) цӏидасан гьабула, гьелъие инкар гьабуни, судалъул хӏукмуялдалъун гьабизе тӏамула.\n«Гӏураб стаж гьечӏони, чан сон бараб мехалда бихьинчи пенсиялде ине бегьулев?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул пенсиялъул фондалъул хӏалтӏухъан Гӏалиева Хамисица:\n— «О государственном пенсионном обеспечении» абулеб федералияб законалъул 11-абилеб статьяялда рекъон, бихьинчиясул стаж гьечӏони яги гьеб гӏураб батичӏони, херлъиялда бан, гьесие чӏезабизе бегьула социалияб пенсия. Гьединаб ахӏвал-хӏалалда бихьинчи пенсиялде уна 65 сон, чӏужугӏадан – 60 сон байдал. Гьединаб пенсия чӏезабиялъе хӏажалъула Россиялъул ракьалда 15 соналъ гьез гӏумру гьаби. Хӏалтӏуларезе гурони, хӏалтӏулел пенсионеразе социалияб пенсияги кьоларо.\n«Ахирал соназда гӏемерлъун руго токалдалъун цӏа ккеялъул хӏужаби. Гьелъие гӏилла рехсолаго, токалъул хӏалтӏухъабаз щиб абулеб бугеб?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна Махӏачхъалаялъул токалъул подстанциялъул инженер Мухӏамад Мухӏамадовас:\n— 1963 соналда бачана магӏарухъе ток. Доб заманалда къанагӏатав чиясул гурони рукӏинчӏо токалъ хӏалтӏизарулел алаталги. Гьединлъидал рокъобе ток бачиналъе пайда босулаан тутиядул тӏеренабго кваралдаса. Жакъа росулъ гӏумру гьабун вугес пайда босула токалъул гӏемерал алатаздаса. Амма гӏемерисезул рукъзабахъе бачараб квар добго хутӏун буго. Гьединлъидал гьезде хӏалги ккола, ва цӏа ккеялъул хӏужабиги гӏемерлъула.\nГьедин ккечӏого букӏине, гӏемераб гӏарац унеб бугониги, гьел кварал хисизе ккола. Кӏварабгӏан хӏаракат бахъила пахьул кварал рачине. Чирахъазде унеб пахьул кварил биццалъи букӏине ккола 1,5 мм². Розеткаялде унеб кварил — 2,5 мм². Минаялде ток бачунеб кварил — 4-6 мм².\nРокъоб къуватал токалъул алатал (сварка, чарх, станок, хъухъадиро ва гь.ц.) хӏалтӏулеб мастерская бугони, къватӏиса бачунеб кварил биццалъи 4-6 мм² гӏоларо, къваригӏуна жеги риццатал кварал.\nТутиядул кварал цӏалел ругони, гьезул биццалъи жеги цӏикӏкӏараб букӏине ккола. Масала, розеткаялде бачӏунеб кварил 4 мм². дагьаб гьечӏеб къваригӏуна."}
{"slug": "7464-khialtiul-batana-talikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7464-khialtiul-batana-talikhi", "title": "Хӏалтӏулъ батана талихӏ", "date": "2020-03-10 12:20:45", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда 80 сон тӏубала Шамил районалъул Мачӏада росдал школалъул учитель, ДРялъул мустахӏикъав учитель, ДАССРалъул лъай кьеялъул отличник Мухӏамад Хираевас.\nРугъелда росдал анкьгосонилаб школаги лъугӏизабун, Мухӏамад ана Буйнакскиялъул педучилищеялде цӏализе. 1960 соналда, училищеги лъугӏизабун, Мухӏамад хӏалтӏана Цӏумада районалда. 1970 соналда вачана Цӏекӏоб росдал школалде хӏалтӏизе ва гьенисаги Мачӏада росдал школалде.\nХираевасда бичӏчӏана, тӏадегӏанаб лъай гьечӏого, математикаялъул учитель тӏубаларевлъи, гьединлъидал гьес заочно цӏалун лъугӏизабуна пединститут.\nТӏадегӏанаб даражаялда дарсал кьеялъул мурадалда, гьес школалда чӏезарун рукӏана киналго шартӏал: районалдаго лъикӏаб кабинет, гьаб заманалъул тӏагӏел-гӏучӏ, цӏалдохъабазгун цадахъ хӏадурарал берзул алатал. Районалъул лъай кьеялъул управлениялъ тӏобитӏараб халгьабиялъул хӏасилазда рекъон, Хираев рикӏкӏана районалдаго лъикӏав математикаялъул учительлъун. Ахираб 25-30 соналда жаниб гьесул анцӏ-анцӏ цӏалдохъанас росана цересел бакӏал районалъул ва республикаялъул олимпиадабазда.\n1980 соналда ДАССРалъул Лъай кьеялъул министерствоялъул коллегиялъ гьабураб хӏукмуялда хъвалеб буго: «Шамил районалъул Мачӏада росдал гьоркьохъеб школалъул учитель Мухӏамад Хираевас аттестаталда лъураб къимат, тӏад калам гьабичӏого, педагогикияб вузалде лъугьунев абитуриентасул экзаменационнияб тӏанчиде босула», — ян.\nХираевас абула: «Дир цӏалдохъабазухъа ункъил-щуйил къиматазда кьун бажарула улкаялъул бокьараб вузалде лъугьине математикаялъул экзамен», — ан. Гьеб битӏарабги буго. Хираевасул цӏалдохъаби цӏалана Москваялъулги Санкт-Петербургалъулги вузазда.\nХираевасул дарсазда вукӏунаро кӏваркьун гӏенеккуларев цониги цӏалдохъан. Гьелъие нугӏлъи гьабула Хираевас дарс кьолеб къагӏида бихьизе районалъул школаздаса математикаялъул учительзаби рачӏунел рукӏиналъги, Лъай кьеялъул министерствоялдаса яги районалъул лъай кьеялъул управлениялдаса халгьабиялъулаб бригада бачӏиндал, мастер-класс гӏадин, рагьарал дарсал кьезе гьев тӏамулев вукӏиналъги. Гьеб киналдасаго вохарав Мухӏамадицаги абула: «Учителасул хӏалтӏулъ батана дида гӏумруялъул талихӏ», — ан.\nУчителасул хӏалтӏул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ бицунаго, насихӏат хӏисабалда, гьес абула: «Эбел-инсуца учителасухъе кьун буго жидер бищунго кӏудияб бечелъи – лъимер. Нилъеца кьураб лъаялда ва тарбиялда бараб букӏуна лъимадул букӏинесеб гӏумру. Къокъго абуни, нилъ, учительзаби, ккола улкаялъул, халкъалъул ва цӏалдохъабазул букӏинеселъул жавабчилъи кодосел чагӏи», — ян.\nШамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Мухӏамад ккола учителасул ишалде рокьи бугев, хӏалтӏулъ цӏилъи лъугьинабизе хӏаракат бахъулев, жиндегоги цӏалдохъабаздеги кьварараб жавабчилъи бугев, гӏун бачӏунеб гӏелалъе лъикӏаб лъайги тарбияги кьеялъулъ бергьенлъаби росарав чи», — ян.\nЛъикӏав учитель гуревги, Мухӏамад ккола жамагӏатчиги, гьев жигаралда гӏахьаллъула росулъ тӏоритӏулел киналго ишазулъ. Вацӏцӏа-вакъадго ретӏа-къан, къамартӏго вачӏунев учителасухъ балагьун, гьесул хӏеренаб ва гӏакъилаб каламалъухъ гӏенеккун, сундулъго гӏадлу-тадбир буголъи бихьун, гӏемерисез абула, гӏицӏго цӏалдохъабазе гуребги, росдал гӏадамазеги тарбия кьолев, хьвада-чӏвадиялъулъ мисаллъун лъугьарав чи вугин нижер Хирасул Мухӏамадин.\n«Жакъасел школазда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъе дуца кинаб къимат кьолеб?» — абураб суалалъе гьес кьуна гьадинаб жаваб:\n— Бищунго квещ ккараб жо буго, цӏалдохъаби цӏалудаса нахъе кӏанцӏун рукӏинги хӏукуматалъги жамгӏияталъги учителасул ва тарбиячиясул хӏалтӏул къимат гьабунгутӏиги, — ян.\nЖиндирго лъималазе тарбия кьун бажаруларев учителасул кинабгӏаги ихтияр букӏунаро чияр лъималазда цеве эхетизе — ян абулеб Хираевас. Мухӏамадил буго цоцалъ рекъараб, захӏмат бокьулеб хъизам. Лъадигун цадахъ гьес гӏезабуна ункъо лъимер. Кӏудияв вас Даниял ккола ралел бакӏазул управлениялъул генералияв директор, Рашид – минабазул цебесеб рахъ берцин гьабулел алатазул цехалъул начальник, кӏудияй яс Асият – йичарухъан, Мариян – чед бежулей гӏадан.\nЖиндирго лъималазул гӏумру-магӏишаталдасаги, гӏадамазда гьоркьоб бугеб гьезул къадруялдасаги вохунги чӏухӏунги вугин живилан абуна Мухӏамадица.\nМачӏада росдал жамагӏаталъ ва школалъул коллективалъ баркулеб буго Мухӏамад Хираевасда 80 сон тӏубаялъул юбилей. Гьарула сахлъи, рохел ва хӏалтӏулъ бергьенлъаби."}
{"slug": "7465-tsialiyal-ul-kibil-kogiab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7465-tsialiyal-ul-kibil-kogiab", "title": "Цӏалиялъул кьибил — кьогӏаб", "date": "2020-03-10 12:23:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Школаздаги тӏадегӏанал цӏалул идарабаздаги лъимал цӏалулел гьечӏин, гӏемерисеб мехалда гьел телефоназде тӏаде къулун рукӏунин гӏарз букӏуна учительзабазулгун преподавательзабазул. Цо-цо гӏолилазулгун гара-чӏвари гьабидалги бихьулеб буго гьезие хӏажатаб жо диплом щвей букӏин. Амма, талихӏалъ, гьединал гӏолилал гӏемер гьечӏо. Цӏикӏкӏарасеб къадаралъул мурад буго лъай боси ва гьелда рекъараб махщел щвей. Масала, гьединазда гьоркьов рехсезе бегьула Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росулъа Мухӏамадов Мусакъади. Гьев цӏалулев вуго ДГУялъул экологиялъул институталда. Мусакъадил ниятги буго, багӏараб дипломалда институтги лъугӏизабун, гӏелмуялде тӏаделъизе.\n— Цӏалиялъул кьибил — кьогӏаб, пихъ — гьуинаб букӏунин хъван буго Аристотелица. Гьединлъидал дунги цӏалула жавабчилъиги бичӏчӏун. Къойилаб низамги дир цӏакъ хӏалуцараб буго. Масала, радал сагӏат микьгоялдаса кӏиго тӏубазегӏан институталда вукӏуна. Цинги, къаси кӏиго тӏубазегӏан кафеялдаги хӏалтӏула. Дир кьижулеб заман буго ункъо сагӏат. Дирго гӏумруялъул хӏалбихьиялдаса пайдаги босун, гӏолилазда, хасго студентазда абила: «Эбел-эменги росу-ракьги тун, цӏализе рачӏарал нилъер, лъабил къиматазда цӏали ккола нилъго нилъецаго махсараде кквей. Щивасда тӏадаб буго гӏолохъанго букӏинеселда тӏад ургъизе ва гӏумруялъе хӏажалъизе бегьулеб гьунар-махщалие ругьунлъизе», — ян.\nМусакъадил эмен Мухӏамад ккола шофер, эбел Музират – медсестра. Амма эбел-инсул кумекалде ккечӏого тӏувазе бокьиялъ гьев кафеялда официантлъунги хӏалтӏулев вуго.\nДГУялде лъугьиналде цебе Мусакъадица лъикӏал къиматазда лъугӏизабуна ДГПУялда цебе бугеб юридикияб колледжги. Гьесие бокьун букӏана ДГУялъул юридикияб факультеталде лъугьине, къисматалъ вачана экологиялъул институталде. Гьелдаго цадахъ Мусакъади заочно цӏалулев вуго ДГУялъул юридикияб факультеталъул «таможенное дело» отделениялдаги.\nДГУялъул экологиялъул институталъул методист Муслимат Абакаровалъ бицана: «Бищун лъикӏал студентазда гьоркьоб цӏар рехсола Мусакъадилги. Гьев вуго сабураб гӏамал-хасияталъул, гӏатӏидаб ракӏалъул, ай кинабго рахъ камилав гӏолохъанчи. Гьес гъираялда кумек гьабула цадахъ цӏалулезеги», — ян.\n— Дун талихӏав чилъун рикӏкӏуна дицаго. Эбел-эменги преподавательзабиги дир цӏалудаса рази руго. Гьеб кколарищ талихӏ? Квеш ккараб жо буго самбоялъул, гугариялъул яги грэпплингалъул рахъалъ тренировкабазде хьвадизе дие заман гӏоларого букӏин», — ан бицана М. Мухӏамадовас."}
{"slug": "7466-koronavirusgi-k-ezabun-bazharula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7466-koronavirusgi-k-ezabun-bazharula", "title": "Коронавирусги къезабун бажарула", "date": "2020-03-10 12:29:21", "categories": ["med"], "text": "Республикаялъул рахунел унтабазул централъул БОКС-отделениялъул заведующая, тохтур-инфекционист Тӏайгибат Хазамова дандчӏвана регионалиял СМИязул журналисталгун. Гьелъ бицана коронавирусалдаса цӏуниялъе Дагъистаналда гьарулел ругел тадбиразул хӏакъалъулъ.\nТӏ. Хазамовалъ рехсана дунялалда тӏадго коронавирусалъ унтаразул баяналгун хӏужаби.\n— Унтун вуго 93088 чи, хун вуго 3203 чи, сахгьавун вуго 50686 чи. Жакъа къоялде я Россиялда, я Дагъистаналда гьеб тайпаялъул гриппалъ унтиялъул цониги хӏужа ккечӏо. Гьебго заманалда, Азербайжаналъул гӏорхъода Дагъистаналдаса чиясул чорхолъ вирус батун буго, сахлъизегӏан гьев хутӏизе вуго мадугьалихъ бугеб улкаялда, — ян бицана гьелъ.\nТохтуралъ абуна, коронавирусалъул унти багъарани, унтарал къабул гьаризе республика хӏадурго бугинги. Гьелъие гӏоло медицинаялъул идарабазда чӏезарун ругила киналго шартӏал ва койкаби, къваригӏани гьезул къадар цӏикӏкӏинабизеги бугила. Гьабсагӏаталда гьединаб госпиталь гӏуцӏун буго республикаялъул рахунел унтабазул централъул базаялда.\nГьенибго тохтуралъ малъана гриппалъул тӏоцересел гӏаламатал тӏатарабго, нилъго нилъецаго сахгьаризеян лъугьинчӏого, специалистазухъе хитӏаб гьабизе кколин. Гьелъ абуна, кӏиго сагӏаталда жаниб цо нухалъниги кверал чурейин ва вирусал чӏвалел жалаздаса пайда босейин. Тохтуралъул рагӏабазда рекъон, коронавирусалъ тӏоцебесеб иргаялда унтулел руго иммунитет загӏипал гӏадамал: лъабкъойилъа тӏаде арал, батӏи-батӏиял унтабаз кӏвекӏулел, сакъатал чагӏи.\nДанделъиялда борхана медицинаялъулал маскабазул хӏакъалъулъ суалги. Тохтуралъ малъана, рес букӏаго, кӏиго-лъабго сагӏаталдаса цӏикӏкӏараб заманалъ цого маскаялдаса пайда босугеян. Маскабазул къварилъи бугони, щиб гьабизе кколебин абун журналистаз суал кьедал, гьелъ абуна маскаби нилъецагоги гьаризе бегьулин.\nТадбиралъул ахиралда киназего рикьана коронавирусалъул хӏакъалъулъ баян кьолел буклетал, ва Тӏайгибат Хазамовалъ журналистазул суалазе жавабалги кьуна. Масала, цо журналистас цӏехана гьадин:\n— Тӏайгибат, коронавирусалдаса цӏуниялъе кинаб цӏодорлъи гьабеян дуца малъилеб?\n— Гӏемерал гӏадамал данделъарал тадбиразде унге, гурони чара гьечӏого ине кколел ругони, маскаби рай. Гьединго малъила магӏазукъалазда вирусал хвезарулел хасал мазал рахеянги.\n— Республикаялда ругищ гьеб унтиялда данде къеркьон бажарулел тохтурзаби-специалистал?\n— Нилъер руго лъикӏал инфекционистал, гьеб гуребги, республикаялда тӏоритӏула коронавирусгун къеркьезе ругьунлъиялъул тадбирал. Гьел тӏоритӏана Гъарабудагъкенталда, Гъаякенталда, Буйнакскиялда, Дербенталда, Каспийскиялда. Къокъго абуни, нилъер тохтурзаби коронавирусгун къеркьезе хӏадурго руго.\n— Абулеб буго, коронавирус гьедигӏанго хӏинкъизе ккараб унти гурин. Дуца щиб абилеб?\n— Битӏараб буго, лъугьун бугеб хӏакъикъаталдаса ахӏи-хӏур, хасго СМИялъ гӏадамал хӏинкъизари гӏорхъолъа араб хӏалалда буго. Амма, бихьулеб буго, гьелъ унтарал чагӏи холел рукӏинги. Гьебго заманалда, жакъа нилъеца бицунеб бугеб коронавирусалъулъ буго ункъо батӏияб тайпаялъул гриппалъул вирусазул къуват, гьединлъидал цӏакъ захӏмат буго гьелде данде къеркьезе, жеги бахъун гьечӏо гьелдаса бергьунеб дару. Гьединлъидал щивасда тӏадаб буго тохтурзабаз малъараб гьабизе, вирусалдаса цӏуниялъе цӏодорлъиялда рукӏине."}
{"slug": "7469-kag-tilal-ul-bakialda-elektronniyab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7469-kag-tilal-ul-bakialda-elektronniyab", "title": "Кагътилалъул бакӏалда электроннияб", "date": "2020-03-10 12:39:39", "categories": ["obshestvo"], "text": "2020 соналъул 1 январалдаса хадуб къуваталде лъугьана РФялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб, электронниял захӏматалъул книжкабазул хӏакъалъулъ закон.\nГьелда рекъон, 2020 соналъул 31 декабралдаса хадуб, тӏоцеве хӏалтӏуде лъугьунев чиясул хӏалтӏул баянал хъвазе руго электроннияб къагӏидаялда. Гьабсагӏаталда нилъеца хӏалтӏизабулеб тайпаялъул книжка гьесие рагьуларо. Хутӏарал хӏалтӏухъабазул ихтияр буго захӏматалъул книжка бугеб хӏалалда хадубккунги хӏалтӏизабизе ялъуни электроннияб къагӏида тӏаса бищизе. Кинаб къагӏида тӏаса бищулебали, гӏарзаги хъван, хӏалтӏухъанас нухмалъулесда лъазабизе ккола 31 декабралде щвелалде. Хӏалтӏухъанас гьединаб гӏарза хъвачӏони, нухмалъулес гьесда хадубго тола «кагътилаб» книжка. Нухмалъулесда (хӏалтӏи кьолесда) тӏадаб буго Захӏматалъул законодательствоялда ккарал гьел хиса-басиязул хӏакъалъулъ 30 июналде щвезегӏан щивав хӏалтӏухъанасда (кагътидаги хъван) лъазабизе."}
{"slug": "7470-zhamagiatal-ul-kumekaldal-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7470-zhamagiatal-ul-kumekaldal-un", "title": "Жамагӏаталъул кумекалдалъун", "date": "2020-03-10 12:48:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Цӏияб Хуштада росулъ бан лъугӏана лъикӏаб-квешалъеги, хвел-гӏелалъеги дандеруссине кӏитӏалаяб мина. Гьеб бана Сайпудин Исмагӏиловасул хӏаракаталдалъунги, росдал жамагӏаталъул кумекалдалъунги.\nТӏоцебесеб тӏалаялда буго 200 чи гӏодов чӏолеб бакӏ, богорукъ. Аскӏорго ран руго библиотекаги спортивияб залги.\nГьеб мина рагьулеб данделъиялда гӏахьаллъана росдалго жамагӏат, рачӏун рукӏана гӏемерал гьалбал.\nДанделъиялда кӏалъазе рахъараз баркала загьир гьабуна росдал жамагӏаталъе, гӏолохъабазе ва гьездаго цадахъ гьенибе гьезие квен-тӏехалъе кумек гьабурал руччабазе."}
{"slug": "7473-khialimatil-kechi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7473-khialimatil-kechi", "title": "Хӏалиматил кечӏ", "date": "2020-03-10 12:59:04", "categories": ["insan"], "text": "Мугӏрул чӏужугӏадан, гӏемерал соназ\nГӏодана поэтал, нужехъ ралагьун.\nНужер къварилъиги нужер къисматги\nКъалмикье босана, угьдилаго гьез.\nРасул Хӏамзатов\nЩияй чӏужугӏаданалъул букӏуна жиндирго кечӏ. Цохӏо жиндиего хасаб. Жиндирго гӏумруялъул кечӏ. Буго гьеб Хӏалимат Жамалудиновалъулги.\nИх рогьунеб гьаб гьайбатаб гӏужалда, диеги бокьана 42 соналъ (1957-1999) магӏарул газеталда хӏалтӏарай Хӏалиматил кочӏол сариназухъ гӏенеккизе.\nГьале дун Хӏалиматихъ гьоболлъухъ. Гьелъ цере росун рачӏана «Хӏакъикъат» газеталъул ва журналалъул церегосел номерал. Гьезул чангиялъул гьурмаздасан гьимулеб букӏана Хӏалиматил суратги.\nХӏалимат газеталда хӏалтӏана лъабго бетӏерав редакторасул секретарьлъун (Мухӏамад Шамхалов, Хӏажи Гӏарипов, Гӏали Камалов). Гьединго гьей хӏалтӏана подчитчицалъун, техсекретарьлъун, корректорлъун, кагътазул отделалъул учетчицалъун.\n— Доб мехалда дир къисматалъул талихӏ гьелчелеб букӏана. Гьеб дагьабги тӏокӏкӏараблъун гьабулаан гӏумруялъул гьудул Зиявудиница. Гьесул берал къанщаралдаса, талихӏалъул хӏал дагьлъизе лъугьана. Гьединги абизе бегьилищха, кӏиго васги гьезул хъизан-лъималги ругей эбелалъ. Бугониги, нилъеца, магӏарулаз, абуларищха вас — эбелалъул чӏухӏи, яс — эбелалъул бухӏи ругилан. Цохӏого цо йигей яс, эбелалъул дару-дарман, унтидал, бечӏана гӏумруги, чӏунтана ракӏги, рикь-рикьана пикрабиги, — ян къваридго бицана Хӏалиматица.\nЧӏухӏиялдаса бухӏи бергьиндал, гӏодана гьелъул кечӏ. Гьелъул сариназулъ рагӏулеб букӏана ясалде бугеб гурхӏелалъул ахӏиги, рекӏелъ гьалдолеб бугеб гьелегьараб цӏадул бухӏиги. Мугӏрул чӏужугӏаданалъул кечӏ гӏодула, гӏумруялъул гьир цӏакъго бакӏлъидал. Амма чӏухӏараб кечӏалъ бетӏер къулуларо. Гьеб гӏодула, амма магӏу, чияда бихьилалде, бацӏцӏуна.\nМагӏарул руччаби — батӏи-батӏиялги, цоцазда релълъаралги. Гьединабго букӏуна кечӏги гьезул.\nХӏалиматил кочӏол гъасде гьоболлъухъ арай дун ракӏалдещвеяз юсс-юссун ялей йикӏана.\nБицуна газеталда Хӏалиматил гьанжеги. Гьелъул ритӏухълъиялъулги, кӏигьумерчилъиялде данде гьелъул букӏараб къеркьеялъулги хӏакъалъулъ.\n— Чӏалгӏун йиго газеталъухъги коллективалъухъги. Мун щва, дир яс, щибаб кабинеталъуеги ва дир салам бице киназдаго, дун лъалездаги лъаларездаги, — ян абуна Хӏалиматица.\nКӏалдиб гьоцӏоккун бицунеб букӏана гьелъ газеталда араб гӏумруялъул хӏакъалъулъ.\n— Берккана дир талихӏалда. Гӏанчӏиялъги гогьлъиялъги беэдараб гьеб ахир-къадги ккана хьухьарал хьухьазул кверщаликье.\nБугониги, доб талихӏалъул къатӏрабиги хутӏун руго Хӏалиматил кочӏолъ. Газеталъулги коллективалъулги бицунелъул, кечӏ твархелеб букӏана, гьеб басандулеб, кьурдулеб букӏана.\nГьелъиеги бокьун букӏана Хӏалиматил хӏакъалъулъ бицине, гьелъул талихӏал сонал ракӏалде щвезаризе.\nДунги гӏодана Хӏалиматил кечӏгун цадахъ, йохана, гьелъул сариназухъ гӏенеккунги. Бокьун буго ахӏизе:\n— Хӏалимат, дур речӏарал тӏугьдузе рогьеллъун батаги исанасеб их. Дур сахаватлъиялдаги сахлъиялдаги гьал ихдалил къояз бакъ баккаги. Жеги ракъвазе регӏичӏел талихӏалъул къатӏрабаз лъалъаги дур гӏумруялъул гӏидра.\nХӏалимат, дур кочӏое нух битӏаги.\nГазеталъул коллективалъги битӏулеб буго духъе ихдалилаб салам."}
{"slug": "7475-khiazhat-bugishch-dag-istanal-ul-ebelal-e-pamyatnik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7475-khiazhat-bugishch-dag-istanal-ul-ebelal-e-pamyatnik", "title": "Хӏажат бугищ «Дагъистаналъул эбелалъе» памятник?", "date": "2020-03-10 13:03:21", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Хӏакъикъаталде» битӏун бачӏараб СМСалда цӏехолеб буго: «Къваригӏун бугищ «Дагъистаналъул эбелалъе» памятник лъезе, улбузул ахӏи лъидаго рагӏулеб гьечӏеб мехалда? Чан эбелалъ балагьулеб бугеб араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарал, чӏварал жидерго васал ругеб бакӏ? Хӏасанхӏусеновазул эбел чан къоялъ эхетарай тахшагьаралъул аслияб майданалда? Щив гьелда аскӏове вачӏарав ва лъица гьелъул суалазе жавабал кьурал?»\n«Эбел» абураб рагӏудаса берцинаб цоги рагӏи ракьалда батиларо. Щиб мацӏалда гьеб абуниги, гьелъулъ буго хӏалимлъиги, хӏайранлъиги, хинлъиги, недегьлъиги. Инсанас чан сон баниги, гьесие къваригӏуна эбел, гьелъул хӏеренлъи, балагьи. Кигӏан кӏудияб рокьи эбелалдехун батаниги, гьедигӏанго рохалилаб ва талихӏаб букӏуна инсанасул гӏумру.\nНилъее рокьула яцалги, лъудбиги, ясалги, амма къварилъиялде ккедал, «эбелин» ахӏула бухӏараб ракӏалъ. «Инсанасулъ бугеб лъикӏабщинаб Аллагьасдасан ва эбелалъул рахьдадасан буго», — ян абун буго цо гӏакъиласги.\n«Эбел чӏаго йигебгӏан мехалда нилъ лъималлъун рукӏуна, ай нилъедаса талихӏ рикӏкӏаде унаро. Эбелалъул адаб гьабичӏони, гӏаламалъ рогьо бала ва херлъидал дуцаго дуде нагӏанаялъул хӏацӏуги тула», — ян абуна цоги гӏакъилас.\n«Дида лъай лъалелдего хун ятана эбел, гьелъул хинлъи лъачӏого, гьелъ каранде къачӏого гӏуна дун. Жакъаги, лъабкъойидаса арав дир, эбелалъ беэдулеб лъимада ракӏбахиллъун, бадиб магӏу хулула», — ян бицана цо херас.\nБерзул нурлъунги, рекӏел дарманлъунги вукӏана эбелалъе Ахӏмад. Бесдаллъи бихьизе течӏо гьелъ васасда, гӏадамалъе вахъинавуна, бертин гьабуна. Бахӏаралъе якьадгун цо рокъой йикӏине бокьичӏо, хӏилла-макру гьабун, гьелъ рос, эбел херазул рокъое кьезе тӏамуна. Васасул хӏалихьалъи хӏехьезе кӏвечӏей пулан, рекӏел унтиялъ, заман иналдего къадаралде щвана. Росуцоязул гӏайиб-гъвелалдаса лъутун, Ахӏмад шагьаралде гочана…\nНахъасан чи гьечӏей гӏадан йикӏана Гӏайшат. Жигарав, цӏодорав, лебалав вас Баширидаса чӏухӏун йикӏунаан гьей. Лъикӏал къиматазда школаги лъугӏизабун, тахшагьаралде цӏализе ана гьев. Цӏалулаго хӏалтӏулевги вугилан, къанагӏат гурони эбелалъухъе щолароан. Хадуб, жавабияб хъулухъалда вугин, чанго соналъ вачӏинчӏо росулъе. Эбел унтун йигин мадугьалас кьабураб телалъ вачун, кватӏараб гӏужалъ щвана гьев росулъе. Гьениве щведал лъана эбел камурайлъи. Хадуб мадугьалас бицана: «…захӏматаб унтиялъ чарахвезабун букӏана пакъиралъул. Амма щибаб къойил, гӏанса гӏунтӏун, хӏалалъ яхъунаан росдада цебе бугеб гохӏде, канлъи ссварал бералги нухда лъун, «дир Башир вачӏунев гьечӏодай» абун, къоялъ балагьун чӏолаан».\nЧанго къоялъ хабаде хьвадана Башир, тӏаса лъугьаян гьелда гьардолаго, гӏемераб магӏу тӏуна, гьелда хадуб садакъа гьабуна, хабатӏа мармаралъул зани эхетана. Эбелалъе гьелдаса гьечӏеб пайдаха?! Жиндаго ккараб гӏайиб бецӏизелъун гьабулеб жо букӏана гьеб кинабго.\nГьединал, ай эбелалда аскӏоб хияналъи биччарал, эбелалъухъе нух къосарал чагӏи жакъа Дагъистаналда гӏемер руго. Руго, цеего эбел камун йигониги, гьелъухъ бугеб гӏорхъи гьечӏеб чӏалгӏеналъ «огь, эбел, мун дие камун йигеб куц» абун, гьелда хадур угьдулелги. Гьединазе къваригӏуна гьей ракӏалде щвезелъун ва рехсезелъун квер гӏунтӏулеб бакӏалда букӏине эбелалъул сурат, сипат, памятник.\nЩибаб шагьаралда, райцентралда ва росулъ эбелалъе лъураб памятник букӏине ккелин рикӏкӏуна дица.\nГьайгьай, памятник баялъул проект бахъиялъе лъазабизе ккела къец, скульпторазул ва халкъалъул вакилзабазул цадахъаб жюриялъ тӏаса рищизе ккела данде кколел эскизал. Гьедин тӏаса бищараб памятник лъезеги ккела бищунго борхалъуда.\nГьединаб памятник лъугьинаан яхӏ-намусалде гӏадамал ахӏулеб, улбузе лъикӏлъи гьабизе гӏолилал куцалеблъун. Гьелъ кумек гьабилаан гӏолохъанаб гӏелалъе битӏараб тарбия кьеялъеги.\nХӏурматиял цӏалдолел, гьаб макъалаялда загьир гьабулеб пикруялъе нужеца кинаб къимат кьолеб? Хъвай нижехъе, бице нужерго улбузул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "7476-patiimatil-talikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7476-patiimatil-talikhi", "title": "Патӏиматил талихӏ", "date": "2020-03-10 13:13:39", "categories": ["insan"], "text": "Магӏарулазул тарихалъулъ, маданияталъулъ ва адабияталъулъ гӏураб бакӏ ккун буго чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ хӏеренго хъварал асараз. Гӏумруялъго жал мисаллъун хутӏарал, жакъаги жидерго берцинаб гӏамал-хасиятгун хьвадулел руччаби дагьал гьечӏо.\nГьединазул цояй ккола Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ гӏумру гьабун йигей Инхокъвариса Ахӏмадудинил яс Патӏиматги.\nГьечӏо гьелъул каранда рарал орденал, медалал, кьурал тӏадегӏанал цӏарал, гьей йиго гӏицӏго гӏадатияй эбел. Бищун кӏудияб талихӏлъун гьелъ рикӏкӏуна жиндирго лъимал битӏараб, гӏадамазе пайдаяб нухдасан ине куцазе бажари.\nЛъимерлъудаса нахъего Патӏиматица баччизе ккана чӏахӏиязецин борхизе захӏматаб къварилъиялъул гьир.\n— «Энкеведешникалин» абулел чагӏаз дир эменги кӏудадаги сардилъ рачун ана, — ян къваридго ракӏалде щвезабуна Патӏиматица. – Ана, кире арал лъачӏого тӏагӏана.\n1944 соналъул цӏорораб февраль моцӏалъул къояз, хӏал гьабун, магӏарухъа гочинаруна чачаназул Ведено районалде. Анкьго сон барай Патӏимат хӏамил кьолода цее, нахъа гьитӏинав вац Хӏамзатги лъун рахъана сапаралде.\n— Гӏемерал нижер росуцоязе къадар щвана доб заманалда Чачаналда. Рагъ лъугӏун хадусел сонал рукӏана цӏакъго захӏматал. Жидерго гӏумру гьабулеб аслияб бакӏ хисиялъги батилаха, батӏи-батӏиял унтаби раккана, ракъун хутӏана. Чӏахӏ бакӏарулаан, мичӏчӏ бетӏизе унаан. Гьебги белъун, чурпа гӏадаб жо гьабун кваналаан рухӏ хвасарлъиялъе.\n1957 соналда, гьанжего гьанже гӏумру-яшав рукӏалиде буссиндал, жидерго бакӏазде тӏадруссана чачанал. Гьенисаги гочинарун цӏидасан базе ккана Октябрьское абун цӏар кьураб росу…\nАхӏмадудинил Патӏимат гӏадал бахӏарчиял улбузул хӏакъалъулъ бицен чанго рагӏудалъун лъугӏулеб хабар гуро. Гьединлъидал дицаги дагьаб гӏатӏидго бицина росуцоялъул хӏакъалъулъ.\nВедено районалъул Акнада росулъ анкьго класс лъугӏарал гӏелбащадалгун цадахъ, доб заманалда ясазе хас гьабун Ведено райцентралда рагьараб интернаталде ана Патӏимат цӏализе. Ясазул интернат букӏана Шамилил тахшагьар букӏанилан абулеб, сверун ганчӏил борхатаб сангар бараб бакӏалда. Гьениб ичӏго гурони класс лъугӏизабизе течӏо эбелалъ, Патӏимат ригьнаде кьуна. Рос Мухӏамадгун цадахъ гочана Октябрьскоеялде. Патӏиматил эбел Хадижат, росуцоялгун цадахъ, магӏарухъе тӏад юссана. Гӏатӏиракьалда гочарин свакарал инхокъварисезул хӏукму ккана анкьумумузул ракьалде нахъ руссине.\nГӏемераб гӏакъуба бихьана гӏатӏиракьалде гочаразда гьениб яшав гӏуцӏизе, хьуцӏал ругел авлахъазда ах-хур гӏезабизе. Гӏемеразул сахлъи загӏиплъана.\nГьелда бихьичӏеб гӏакъубаго хутӏун батиларо. Жеги рогьел балелде щвезе кколаан, росдадаса анлъго-анкьго километралъ рикӏкӏад бугеб фермаялде. Радалги къасиги 15-20 гӏака бечӏчӏун, бачазе хъулухъ гьабун рокъое щведал, лъимал-хъизам, жиндирго магӏишат нухда бачинеги бигьаго букӏинчӏо. Амма гӏадада ккечӏо Патӏиматил захӏмат, эбел-эмен разиял, гӏадамазе пайдаял, сундулъго бажари бугел рахъана гьелъул киналго лъимал.\n— Кутакалда талихӏай эбеллъун рикӏкӏуна дица дунго, — ян абула Патӏиматица.\nТӏокӏабги кӏудияб рекӏее парахалъи ва рохел кинабха къваригӏинеб чӏужугӏаданалъе."}
{"slug": "7477-barkalayal-ul-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7477-barkalayal-ul-kag-at", "title": "Баркалаялъул кагъат", "date": "2020-03-10 13:15:30", "categories": ["insan"], "text": "Херазул тӏалабалда\nГӏабдурахӏманова Равзат ккола Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъа. 1987 соналдаса нахъе, ригьнаде аралдаса, гӏумру гьабун йиго Гъуниб росулъ.\n1996 соналдаса нахъе гьей хӏалтӏулей йиго Гъуниб КЦСОНалда. Гьей йиго мисалияй хӏалтӏухъан. Жиндир тӏалаб-агъазалда ругел херал гӏадамазе гьелъ кӏудияб кумекги гьабула, тӏадаб ишги ракӏбацӏцӏадго тӏубазабула. Къойилго щола гьей жиндаго хадур рухьинарурал херазухъе.\nАллагьасул рахъалдасан кириги бугеб, гӏадамалги разияб хӏалтӏи тӏубазабулей Равзатие гьарула кинабго лъикӏабщинаб."}
{"slug": "7478-ebelal-ul-kveral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7478-ebelal-ul-kveral", "title": "Эбелалъул кверал", "date": "2020-03-10 13:16:58", "categories": ["insan"], "text": "Цо къоялъ эбелалъ дида гьарана жинда цадахъ тукабазде вилълъайилан, жиндие ретӏел босизе. Сабру гьечӏев чи вукӏиналъ, дие бокьулароан тукаби сверизе, хӏаракат бахъулаан гьениве инчӏого чӏезе. Эбелалъе кинха инкар гьабилеб?\nУгьун хӏухьелги биччан, дун разилъана. Гьенире щведал, дир ццин бахъин цӏикӏкӏана, нижеца сверана киналго тукаби. Цоялда хадуб цояб гьабун ретӏулел рукӏана эбелалъ гурдал, амма цонигиялда рекъолей йикӏинчӏо. Заман унеб ва дир сабру лъугӏулеб букӏана, ахирги эбелалъ цо гурде тӏаса бищана.\nДица гьей ретӏел ретӏунеб бакӏалде щвезаюна ва дунго къватӏив чӏана. Дагьаб заманалдасан гьелъ дун гьениве ахӏана, гьелда кӏолеб гьечӏоан нахъехун бугеб маргъал базе. Гьелъ дида гьарана кумек гьабеян. Херлъиялъги унтиялъги кӏичӏарал гьелъул килщаз цӏакъ хӏаракат бахъулеб букӏана маргъал базе, амма бажарулеб букӏинчӏо.\nЭбелалъул килщал… Гьебсагӏат, гъоб ццин бахъинги ун, дир рекӏелъе гурхӏалил ва рокьул карачел гьулчун бачӏана. Дун довехун вуссана, гьелдаса магӏу бахчизе. Къуватги бакӏарун дица маргъал бана, амма кверал сородилел рукӏана.\n— Дуе щиб, дир вас? — ан гьикъана эбелалъ.\n— Щибго гьечӏо, эбел, кинабго лъикӏ буго, — ян абуна дица, гьелдаса бералги рахчулаго.\nГурдеялъухъ гӏарацги кьун, ниж рокъоре ана. Тукабазде гьабураб гьеб сапар дида гӏумруялъ рекӏелъ хутӏана.\nДоб къоялъин абуни дида цебеса унеб букӏинчӏо эбелалъул кверазул сурат, кигӏан хӏаракат бахъаниги маргъал базе кӏоларел кӏичӏарал килщал!\nГьел кверал руго дие бищун хириял! Гьел квераз кваназавуна дун, ретӏел ва хьитал ретӏана дида, хъулухъ гьабуна ва рокьи кьуна дие. Гьел кверал цере ккун гьабуна дие дугӏа, гьарана Аллагьасда дун цӏунейилан. Кин бегьулеб гьел кверал, гьезул хӏеренлъи, тамахлъи кӏочене?\nСабру гьабизе кӏвечӏого, къаси дун ана эбелалъухъе, дирго квераз гьелъул квералги ккун, гьезда убач гьабуна. Гьей гӏажаиблъун хутӏана!\n— Эбел, — ан абуна дица сородулеб гьаракьалъ, — дир хирияй эбел, дур кверал руго дунялалда тӏад бищун берцинал кверал! Дир хьул буго ва дугӏаги гьабулеб буго, гьел дур гӏадал берцинал кверал дирги рукӏинел ратилин кида-къадги. Баркала, эбел, киналъухъго."}
{"slug": "7482-dunyalalda-tiad-bishchun-bertsinazul-tsoyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7482-dunyalalda-tiad-bishchun-bertsinazul-tsoyal", "title": "Дунялалда тӏад бищун берциназул цоял", "date": "2020-03-10 13:38:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Британиялъул халкъазда гьоркьосеб цӏех-рехалъул централъ лъазабухъе, сагӏудиязул руччабаз лъабабилеб бакӏ кколеб буго берцинлъиялъул рахъалъ.\nГьезда цере руго Венгриялъулги Польшаялъулги руччаби. «Аль-Арабия» телеканалалъ лъазабухъе, цӏех-рехалда аслияб кӏвар буссинабун буго берцинлъиялде, сабурлъиялде, гӏаданлъиялде ва кидаго гьединайлъун цӏунун хутӏиялде.\nГьединго, кӏвар кьолеб букӏана тӏабигӏияб берцинлъиялдеги, бихьинал жидедего мукӏур гьаризе кӏвеялдеги, ай жидехъ гӏенеккулеллъун гьариялде. Гьениб аслияб бакӏ ккуна сагӏудиязул бихьиназул жидерго руччабаздехун бугеб балагьиялъги.\nХӏисабалде росана бихьиназ руччабазул гьари къабул гьаби гӏадинал, гьезие кумекчагӏи, хъулухъчагӏи кквей гӏадинал, руччаби хӏалтӏизе ккунгутӏи гӏадинал хӏужабиги. Гьединго халгьабуна бихьиназ, жидехъ гӏарацги букӏун, руччабазул хӏажатал тӏураялде кьолеб кӏваралъулги.\nХӏисабкьеялда бихьизабулеб буго сагӏудиязул руччабазул гӏумру ханзабазул гӏадаб букӏин: «Ханасул чӏужуялъ машина бачунаро, гьеб бачине хъулухъчи вукӏуна». Хасаб бицен гьабун буго сагӏудиязул руччабаз жидерго черх цӏуниялъул хӏакъалъулъги. Гьезул ретӏел черх бахчараб букӏиналъ, къватӏиса кколеб заралалдаса цӏунун, гьезул тӏом хутӏулеб буго цӏвакараб дарай гӏадин ва гӏолохъанго."}
{"slug": "7483-zagruyab-yuk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7483-zagruyab-yuk", "title": "Загьруяб юк", "date": "2020-03-10 13:40:43", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Вьетнамалда, Ханоялде унеб поездалъул вагоналъул гӏодор чӏолеб бакӏалда гъоркь бахчун батана «къираласул кобраби» абурал борхьазул цӏураб ункъо хъап.\nМаххул нухлул хӏалтӏухъанасул рагӏабазда рекъон, гьелъул хӏакъалъулъ лъазабун буго рихха-хочарал поездалъул пассажираз. Гьенире ахӏарал транспорталда хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз хъапал рагьидал, гьезда бихьана борхьазул кӏалазда скотч седон букӏин ва гӏадамазе гьезул хӏинкъи гьечӏеблъи. Хъапазда жаниб чан борохь букӏарабали лъалеб гьечӏо, амма борхьал жанир ругеб ункъабго хъапалъул цӏайи букӏана 45 килограмм. Гьезул бетӏергьан ватичӏеб мехалъ, маххул нухлул хӏалтӏухъабаз борхьал рохьоре риччан тана. Хӏисаб гьабураб мехалъ, гьел рукӏине ккола Ханоялъул рестораналде кьезе рачун унел рукӏарал борхьал, щайгурелъул Вьетнамалда борхьил гьан рикӏкӏуна деликатеслъун. Амма борхьал чӏвазе гьениб законалъ гьукъула."}
{"slug": "7504-sultantsin-bakhill-ilaan-gasda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7504-sultantsin-bakhill-ilaan-gasda", "title": "Султанцин бахиллъилаан гьасда", "date": "2020-03-12 08:44:50", "categories": ["bakikos"], "text": "Азарго батӏияв чи вачӏуна нижехъе, бахьикъосахъе. Амма гьеб къоялъ гӏадав къиматав гьобол нижер къавулъ цевеккун киданиги рещтӏун вукӏинчӏо.\n— Дида цӏар Мирза буго, — ян абуна гьоболас, дир кверги бачун.\nДицаги бицана дирго цӏар.\n— Гьав щив чияли лъалищ дуда? – йилан гьикъана дир коллега Дациевас, гьурмада балъгояб гьимигун.\n— Духъе вачӏарав чи гьав ватани, хӏакъаб жо ватула дур шишацояв, -илан махсара гьабун жаваб кьуна дица.\n— Гуро, гуро, гьав вуго 23 чӏужу ячарав бихьинчи.\nГьереси щай, Дациевасда божичӏого, живго Мирзада гьикъана дица хӏакъикъаталдаги битӏараб жойищ гьебилан. Мирзаца, велъулаго, уйилан бетӏер гьанкӏана.\nДица хӏукму гьабуна, Мирза разилъани, гьесулгун гара-чӏвари гьабизе. Гьес инкар гьабичӏо.\nГьаниб ургъун бахъараб яги «Бахьикъосалъейилан» рекъезабураб жо щибго гьечӏо. Дир суалал – Мирзал жавабал.\n— Мирза, бице, гьудулав чи, чан сон дур бугеб, киса мун кколев?\n— Дир буго битӏун 60 сон. Дун ккола Буйнакский районалъул Тӏаса Жунгут росулъа.\n— Чан сон букӏараб дур тӏоцебесеб ригьин гьабураб мехалда? Дир хӏисабалда, мун гьитӏинав гӏолохъанчи вукӏун ватизе кколаха гьеб заманалда.\n— 30 сон бугев чияс ячана дица тӏоцеесей чӏужу.\n— Вахӏ, 30 соналда жаний 23 чӏужуйищха дуца ячарай, щибаб лъагӏалие цо-цо гӏадин кколей\nйигоха.\n— Батилаха.\n— 30 сон базегӏан щайха ригьин гьабун букӏинчӏеб?\nЗаман букӏинчӏо.\n— Щибулевгӏаги вукӏарав?\n— Квана-гьекъолев.\n— Тӏоцеесей чӏужу дуца кин ячарай: рокьи ккунищ, абунищ яги хъамунищ?\n— Эбел-инсуца ячун, рокъой ятана дида гьей.\n— Гьабсагӏаталда ригьнада вугищ мун?\n— 12 яцалда гьоркьосан йищун, 22 сон барай гӏадан ячана дица лъабго соналъ цее. Кӏиго ясги йиго гьелъ дие гьаюрай.\n— Киналниги чан дур ругел? Рикӏкӏенцин къосун батила дуда?\n— Дир гӏемерал лъимал гьечӏо: 6 яс. Цо вас хвезеги хвана.\n— Гьелгощинал руччаби риччан руго дуца, аслияб куцалда щиб гӏилла кколеб букӏараб ригьин биххиялъе?\n— Цо гьитӏинаб жо гӏолаан дие.\n— Руччаби рухулаанищ дуца?\n— Ты что, цонигиялде киданиги квер борхичӏо. Чӏужугӏаданалде квер борхулев чи бихьинчийищ кколев?\n— Гьелгощинал руччаби рачарав чилъидал, чанги дандчӏвалел ратила дуда цере рукӏарал лъудби. Дандчӏвани, гьел мунгун кӏалъалищ яги мугъ сверунищ руссунел?\n— Руссунаро, киса. Кӏалъазеги кӏалъала, щибаб кӏалбиччанкъоялъ почти киналго данделъизеги данделъула ниж.\n— Гьезул жиделъго букӏунищ жахӏда-хӏусудищ гъоб, женская ревностищ?\n— Букӏуна, гьеле гьеб дуца абулеб женский жо букӏуна. Цоцада щакдарула. Даже гьабсагӏаталда рокъой йигей тумайцин йикӏуна цо-цо мехалда мекъдарилей, нолъ вукӏаралъухъе айилан.\nЦӏадаса Хӏамзатил руго лъикӏал рагӏаби:\nХӏелкил гъанцӏаги бан цӏалел лъаларо, цӏуял жал асдаса рикӏкӏад чӏоларо – абурал. Дулъги цо гӏаламат батичӏони руччаби тӏаде цӏалеб?!\n— Дица цо бер речӏчӏизабула рекӏее гӏурай гӏаданалда ва гьей жийго ячӏуна.\n— Мирза, гьебни божизе захӏматаб жо буго.\n— Кинха гьанже нуж божизарилел? Гьедизениги ккелаха.\n— Воре, воре гьедуге, божана. Цо нижееги малъа-хъвай гьабеха ру-ччабазул рекӏелъе нух бахъизе?\n— Гьеб буго Аллагьас дие кьураб гьунар. Малъа-хъваязул жо кколаро.\n— Руччабазул базаралда вугев дур магӏишаталъул иш кин букӏараб? Рокъобе бачӏунеб-толеб жого букӏунаанищ? Яги кинабго риччарал руччабаз алиментазе-йищ бахъулеб букӏараб?\n— Цо бугони, дун вуго кверда махщел бугев чи, цӏулал устар. Гьединлъидал магӏишатги хашго букӏунаро. Кӏиабилебги, алиментал абураб жо дида лъаларо. Лъицаго цӏар бахъичӏо гьелъул.\n— Мун гьекъолдулищ?\n— 22 соналъ тун букӏана, гьале нужер бахьикъосгун дандчӏваралдаса нахъе гьекъезе байбихьана.\n(Дациев Мирзаде вагъана гьедин абунилан: я вац, гьас нилъер кӏалдиса араб жо кӏутӏун къалмиде босула. Гьеб дица ругьун гьавунин хъвараб жо хъвагӏайин абе.)\n— Гьей 23 бахӏаралда гьоркьоса, цин йиччазеги йиччан, цӏидасан тӏад юссинаюрай гӏадан ккара-йищ?\n— Не-не-не, гьединав учузав бихьинчи гуро Мирза. Дир цо рагӏи букӏуна кьури гьечӏеб: йиччан танищ чӏужугӏадан, будте добри-рокъой чӏа.\n— Дур цониги тӏокӏцӏарго бугебищ?\n— Гьечӏо, валлагь. Цониги чи рекӏеда ватичӏо дида Камалил Баширилангӏаги абизе.\n— Гьебни хӏалихьатаб иш гьабун буго.\n— Букӏинарищха ле!\n— Цо ахирисеб суалги кьун телин, Мирза. Битӏун бице, тӏокӏай чӏужу ячине ракӏалда бугищ?\n— Гьечӏо.\n— Велъулев щайха мун?\n— Аллагьасхӏаги лъаларо.\n— Бихьинчиясул рагӏи кьезе кӏолищ тӏокӏаб руччабазулгун даран гьабиларилан?\n— Валлагь кӏоларо. Кӏолареб жо кӏолареб букӏуна."}
{"slug": "7505-sultantsin-bakhill-ilaan-gasda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7505-sultantsin-bakhill-ilaan-gasda", "title": "Султанцин бахиллъилаан гьасда", "date": "2020-03-12 08:44:50", "categories": ["bakikos"], "text": "Азарго батӏияв чи вачӏуна нижехъе, бахьикъосахъе. Амма гьеб къоялъ гӏадав къиматав гьобол нижер къавулъ цевеккун киданиги рещтӏун вукӏинчӏо.\n— Дида цӏар Мирза буго, — ян абуна гьоболас, дир кверги бачун.\nДицаги бицана дирго цӏар.\n— Гьав щив чияли лъалищ дуда? – йилан гьикъана дир коллега Дациевас, гьурмада балъгояб гьимигун.\n— Духъе вачӏарав чи гьав ватани, хӏакъаб жо ватула дур шишацояв, -илан махсара гьабун жаваб кьуна дица.\n— Гуро, гуро, гьав вуго 23 чӏужу ячарав бихьинчи.\nГьереси щай, Дациевасда божичӏого, живго Мирзада гьикъана дица хӏакъикъаталдаги битӏараб жойищ гьебилан. Мирзаца, велъулаго, уйилан бетӏер гьанкӏана.\nДица хӏукму гьабуна, Мирза разилъани, гьесулгун гара-чӏвари гьабизе. Гьес инкар гьабичӏо.\nГьаниб ургъун бахъараб яги «Бахьикъосалъейилан» рекъезабураб жо щибго гьечӏо. Дир суалал – Мирзал жавабал.\n— Мирза, бице, гьудулав чи, чан сон дур бугеб, киса мун кколев?\n— Дир буго битӏун 60 сон. Дун ккола Буйнакский районалъул Тӏаса Жунгут росулъа.\n— Чан сон букӏараб дур тӏоцебесеб ригьин гьабураб мехалда? Дир хӏисабалда, мун гьитӏинав гӏолохъанчи вукӏун ватизе кколаха гьеб заманалда.\n— 30 сон бугев чияс ячана дица тӏоцеесей чӏужу.\n— Вахӏ, 30 соналда жаний 23 чӏужуйищха дуца ячарай, щибаб лъагӏалие цо-цо гӏадин кколей\nйигоха.\n— Батилаха.\n— 30 сон базегӏан щайха ригьин гьабун букӏинчӏеб?\nЗаман букӏинчӏо.\n— Щибулевгӏаги вукӏарав?\n— Квана-гьекъолев.\n— Тӏоцеесей чӏужу дуца кин ячарай: рокьи ккунищ, абунищ яги хъамунищ?\n— Эбел-инсуца ячун, рокъой ятана дида гьей.\n— Гьабсагӏаталда ригьнада вугищ мун?\n— 12 яцалда гьоркьосан йищун, 22 сон барай гӏадан ячана дица лъабго соналъ цее. Кӏиго ясги йиго гьелъ дие гьаюрай.\n— Киналниги чан дур ругел? Рикӏкӏенцин къосун батила дуда?\n— Дир гӏемерал лъимал гьечӏо: 6 яс. Цо вас хвезеги хвана.\n— Гьелгощинал руччаби риччан руго дуца, аслияб куцалда щиб гӏилла кколеб букӏараб ригьин биххиялъе?\n— Цо гьитӏинаб жо гӏолаан дие.\n— Руччаби рухулаанищ дуца?\n— Ты что, цонигиялде киданиги квер борхичӏо. Чӏужугӏаданалде квер борхулев чи бихьинчийищ кколев?\n— Гьелгощинал руччаби рачарав чилъидал, чанги дандчӏвалел ратила дуда цере рукӏарал лъудби. Дандчӏвани, гьел мунгун кӏалъалищ яги мугъ сверунищ руссунел?\n— Руссунаро, киса. Кӏалъазеги кӏалъала, щибаб кӏалбиччанкъоялъ почти киналго данделъизеги данделъула ниж.\n— Гьезул жиделъго букӏунищ жахӏда-хӏусудищ гъоб, женская ревностищ?\n— Букӏуна, гьеле гьеб дуца абулеб женский жо букӏуна. Цоцада щакдарула. Даже гьабсагӏаталда рокъой йигей тумайцин йикӏуна цо-цо мехалда мекъдарилей, нолъ вукӏаралъухъе айилан.\nЦӏадаса Хӏамзатил руго лъикӏал рагӏаби:\nХӏелкил гъанцӏаги бан цӏалел лъаларо, цӏуял жал асдаса рикӏкӏад чӏоларо – абурал. Дулъги цо гӏаламат батичӏони руччаби тӏаде цӏалеб?!\n— Дица цо бер речӏчӏизабула рекӏее гӏурай гӏаданалда ва гьей жийго ячӏуна.\n— Мирза, гьебни божизе захӏматаб жо буго.\n— Кинха гьанже нуж божизарилел? Гьедизениги ккелаха.\n— Воре, воре гьедуге, божана. Цо нижееги малъа-хъвай гьабеха ру-ччабазул рекӏелъе нух бахъизе?\n— Гьеб буго Аллагьас дие кьураб гьунар. Малъа-хъваязул жо кколаро.\n— Руччабазул базаралда вугев дур магӏишаталъул иш кин букӏараб? Рокъобе бачӏунеб-толеб жого букӏунаанищ? Яги кинабго риччарал руччабаз алиментазе-йищ бахъулеб букӏараб?\n— Цо бугони, дун вуго кверда махщел бугев чи, цӏулал устар. Гьединлъидал магӏишатги хашго букӏунаро. Кӏиабилебги, алиментал абураб жо дида лъаларо. Лъицаго цӏар бахъичӏо гьелъул.\n— Мун гьекъолдулищ?\n— 22 соналъ тун букӏана, гьале нужер бахьикъосгун дандчӏваралдаса нахъе гьекъезе байбихьана.\n(Дациев Мирзаде вагъана гьедин абунилан: я вац, гьас нилъер кӏалдиса араб жо кӏутӏун къалмиде босула. Гьеб дица ругьун гьавунин хъвараб жо хъвагӏайин абе.)\n— Гьей 23 бахӏаралда гьоркьоса, цин йиччазеги йиччан, цӏидасан тӏад юссинаюрай гӏадан ккара-йищ?\n— Не-не-не, гьединав учузав бихьинчи гуро Мирза. Дир цо рагӏи букӏуна кьури гьечӏеб: йиччан танищ чӏужугӏадан, будте добри-рокъой чӏа.\n— Дур цониги тӏокӏцӏарго бугебищ?\n— Гьечӏо, валлагь. Цониги чи рекӏеда ватичӏо дида Камалил Баширилангӏаги абизе.\n— Гьебни хӏалихьатаб иш гьабун буго.\n— Букӏинарищха ле!\n— Цо ахирисеб суалги кьун телин, Мирза. Битӏун бице, тӏокӏай чӏужу ячине ракӏалда бугищ?\n— Гьечӏо.\n— Велъулев щайха мун?\n— Аллагьасхӏаги лъаларо.\n— Бихьинчиясул рагӏи кьезе кӏолищ тӏокӏаб руччабазулгун даран гьабиларилан?\n— Валлагь кӏоларо. Кӏолареб жо кӏолареб букӏуна."}
{"slug": "7506-rosasulgi-l-adulgi-l-ugii-gechieb-rokul-k-ets-makhsarodul-kechi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7506-rosasulgi-l-adulgi-l-ugii-gechieb-rokul-k-ets-makhsarodul-kechi", "title": "Росасулги лъадулги лъугӏи гьечӏеб рокьул къец (махсародул кечӏ)", "date": "2020-03-12 09:32:55", "categories": ["bakikos"], "text": "— Я, дир гьудул Гӏалихан,\nГӏумруги чӏалгӏун буго,\nГӏадада заман ине\nДиеги бокьун гьечӏо.\nДун гӏадинал ясазул\nРоссал руго бечедал,\nМунго кинав гьардухъан\nГьикъун кӏалгун вачӏарав?\n— Юцӏцӏун йикӏа, хирияй,\nХаликъасдаса неча,\nХинаб квен гьечӏого мун\nКидагӏаги йикӏарай?\nБокьоб гӏакаги буго,\nГӏурдада хурги буго,\nХасалица кваназе\nКартошка бачӏун буго.\n— Кваназе квен гьечӏого,\nЦохӏониги чи гьечӏо,\nЧияр машинабазда\nКидалъагӏан хьвадилей?\nДун гӏадинал ясалаз\nДжипал руго рекӏунел,\nРоссабаз бахшишалъе\nБосун буго гьезий кьун.\n— Хирияй, цо квералда\nКилщал ращадал гьечӏо,\nКиналго гӏолилазул\nДжипалги рукӏунаро.\nРакӏ рагьарав дун дуе\nМаян кьурав гӏоларищ,\nГӏамал сураралщинал\nЩола цойги ясазе.\n— Вай, лъаларо, Гӏалихан,\nГӏамал берцинав инсан,\nУнго-унгояб талихӏ\nКинабдаян йикӏуна.\nКӏваричӏо дий Джипалги\nКӏудиял кӏалгӏабиги,\nКӏалалъ берцинаб рагӏи\nБицунев мун вокьила.\n— Гьелеха, дир хирияй,\nДуда гьанже бичӏчӏана,\nБетӏергьанас дуй кьураб\nДаран, хазина, талихӏ.\nАллагьас кьуралдаса\nРази йикӏа, хирияй,\nХириял гьитӏичалгун\nГӏуцӏе талихӏаб гӏумру."}
{"slug": "7507-kvenchielaldagi-l-un-naslu-khikharal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7507-kvenchielaldagi-l-un-naslu-khikharal", "title": "Квенчӏелалдаги лъун, наслу хьихьарал", "date": "2020-03-12 11:54:40", "categories": ["obshestvo"], "text": "Школазда гӏуцӏула батӏи-батӏиял тадбирал. Рукӏуна гьел байрамкъоязул хӏурматалда гӏуцӏулелги. Гьел тадбиразде хӏадурлъулаго, цӏалдохъабазухъе кьезе кучӏдул ратизе захӏмалъулеб бугин абун букӏана нижеда учительзабазулгун тӏобитӏараб цо мажлисалда. Гьединлъидал редакциялъул хӏукму ккана байрамкъоязул темаялда кучӏдузул гьурмал рахъизе. Гьаб нухалда кьолел руго чӏужугӏадан, эбел кӏодо гьаюн хъварал асарал.\nГӏайшат Хирамухӏамадова, Шамил район, Гӏурада росу\nЭбелалде\nЭбел, тӏаса лъугьа хъачӏал сардазухъ,\nСвакан, киниялде къулун рогьарал.\nГьуинаб макьу тун, хинаб бусен тун,\nХинлъи нижее кьун, арал соназухъ…\nЭбел, тӏаса лъугьа къартӏаб черхалде\nЧвахун щолеб херлъи чӏезабичӏелъухъ.\nКӏарчамаб гьурмаде рехун рачӏунел\nРукӏкӏалаби кквезе гьунар гӏечӏелъухъ…\nЦере квералги ккун, дуца гьабураб\nДугӏаялъ руго ниж цӏунун ракьалда.\nТӏинкӏулеб магӏугун гьарараб гьари\nБетӏергьанас къабул гьабизе хьулгун.\nНаби Гӏисаев, Цӏунтӏа район, Гьинухъ росу\nЭбелалде\nЭбел, дида ккола киналго тӏугьдул\nДур гьимиялдаса гьарун ратилин,\nГьелъ гурищ ракӏ-ракӏалъ гӏадамазе гьел\nГьадигӏан ракьалда рокьулел ругел.\nДур бералин ккола сардида цӏваби,\nЦӏуне лъималилан кӏалъай гьабулел.\nВа амма васазул аслияб мурад\nМун цӏуни, мун цӏуни, мун цӏуни буго.\nЩибаб их бачӏингун рорчӏарал лъараз\nЛъиде кечӏ ахӏулеб? Дир эбелалде.\nДицаги, как гӏадин, киве щваниги,\nЩурула, угьула эбел, эбелан.\nМун кий йикӏаниги – рикӏкӏад, гӏагарда,\nГӏумруялъ нижеда цадахъ хутӏула.\nХадубккун, нух къосун, ниж мекъи ккани,\nКидаго хӏадурай, хӏалай ячӏине…\nГӏайшат Малачиева, Унсоколо район, Унсоко-ло росу\nЭбелалъул сураталъухъ\nЭбел, дур суратгун гаргадулей дун,\nГьаний дидасаги гӏолохъанай мун!\nДие насиблъичӏеб берцинлъиги дур,\nДие ирслъун щвечӏеб чӏаголъиги дур!\nЭбел, мун йикӏинчӏо кӏвахӏалъе яцлъун,\nСваказе ургъичӏеб урхъарал къояз.\nЭбел, мун лъугьинчӏо ургъалий лагълъун,\nУнтизе регӏичӏел регӏана сонал.\nГӏодобкъо хӏалхьичӏей хӏалтӏул гъазияй,\nХӏарамлъи квинчӏелъул баркала лъанищ.\nЗахӏматкъо алхинчӏей, инсул бахӏарай,\nБикъизе лъачӏелъул рукъ бечелъанищ.\nМагӏида херлъарал хириял гурдал –\nРетӏун къачӏадизе къо дуе кьечӏел,\nГӏункӏкӏаца кванарал китай-явлухъал –\nГӏадатӏе рехизе заман батичӏел.\nДида рухӏ лъелалде бахӏарлъи арай,\nГьадинго гьайичӏо дунялалда мун.\nДун гӏун йихьилалде херлъи бихьарай,\nГӏадада йикӏинчӏо гьаб ракьалда мун.\nМухӏамад Рамазанов, Цӏунтӏа район, Сагьада росу\nКӏодол кверал\nРикьуда риххарал гӏорал кинигин,\nБидурихь халлъулел дир кӏодол кверал.\nХаслихъе сасарал лъарал гӏадинан,\nНакабазда лъурал дир кӏодол кверал.\nТӏолго нижер наслу квенчӏада лъурал,\nЛъавукълъи хъамизе чанги зинкӏарал,\nЧӏахъаги дир кӏодол гӏадлуял кверал,\nКверазда бахунеб кремго бихьичӏел.\nТӏатӏуда рецӏцӏулел мичӏчӏихинкӏазул,\nХасаб тӏагӏам жеги мацӏалда буго.\nЛъабго килщикье ккун, мочӏуги бекун,\nНах дихъе бегьарал къуватал кверал.\nДир берталъ кьурдизе цее ячӏиндал,\nРухӏдаллъана гьелда тӏолго мусудул;\nГьава къотӏун унеб лочнол куркьбаллъун\nГогьдарана кӏодол гьайбатал кверал…\nСабигат Мухӏамадова, Цӏумада район, Инхокъвари росу\nЭбел\n… Гӏумрудул хазина, хирияй эбел,\nМун гьечӏони, дунял – чӏобогояб рукъ.\nДуда бараб буго ракӏалъул хинлъи,\nХирияй, дуегӏан рокьулел лъие?..\nМун гьечӏеб ракьалда бакъ кин баккулеб,\nДунял тираниги, батулареб ракӏ.\nЭбел, мун цо йиго, дир берзул канлъи,\nКидаго налъукьа ниж рорчӏуларел.\nТакрарлъизе гьечӏей, жий хисуларей,\nЛъимал кьижичӏони, макьу щоларей,\nЛъимал кваначӏони, хӏалхьи лъаларей,\nЛъималазе гӏоло бахъун рухӏ кьолей.\nРамазан Гӏабдулмуслимов, Беж-тӏа участок, Гьунзиб росу\nЭбел – зобал цӏураб моцӏ\nБищунго берцинай, бищунго лъикӏай,\nЭбелгӏан хирияв цоги чи гьечӏо.\nГӏакъилай, гӏедерай, гӏагарай эбел,\nГьей кӏодо гьайизе гьунар гӏеларо…\nГьитӏинав чиясе кӏудияб рикъзи\nЭбел гурищ кколей Аллагьасдасан.\nЩивав инсанасе Бичасул баркат\nЭбел гурищ кколей? Божуларищ нуж?\nЧан лъикӏал къояца къалъараб гӏумру,\nРохелги талихӏги гӏемер батараб?\nНилъ руго ракьалда гӏисинал цӏаял,\nКиназего эбел – зобал цӏураб моцӏ!\nРакӏ бакъвараб мехалъ, эбел ятула,\nРохел баркизеги гьей гӏедегӏула.\nГӏадамал – гӏакъилал, гӏалимал, ханал,\nНусабго махщалил хазина – эбел!\nТӏогьоца гӏадинан, бетӏер борхула,\nГӏадамалъе лъимер бахъунеб бихьун.\nБакъ гӏадин, къалъула, къватӏие яхъун,\nКъоцӏул лъималазул цӏаралги щурун…\nХъистаман Султанбегова, Гумбет район, Лъаратӏа росу\nЭбелалъул кунчӏи\nДудаса кӏанцӏарал меседил чӏорал,\nЧӏван рукӏана дица ирсалъул ахикь.\nЗамана бахъидал, кьалбалги лъугьун,\nТӏаде загьирлъана загӏипал чӏорал.\nГьездаса йохиялъ хекко барщизе,\nДица гьелде тӏуна тӏагӏамал лъинал.\nРакӏалдаса тӏураб тӏегь бижун бугин,\nТӏолалго рачана кунчӏи бихьизе.\nДун гьелъий хӏелана, хӏалимай гӏадин,\nХӏалакун елъана, налъулай гӏадин."}
{"slug": "7508-tso-khiurulgiinalde-l-abgo-igitasul-giassiyab-sarin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7508-tso-khiurulgiinalde-l-abgo-igitasul-giassiyab-sarin", "title": "Цо хӏурулгӏиналде лъабго игитасул гӏассияб сарин", "date": "2020-03-12 12:55:41", "categories": ["bakikos"], "text": "Джигит Дидойский\nРогьалил как тӏобитӏун,\nТӏад цо ратибат гьабун,\nТавбу къабуллъиялъе\nКъуръаналъул жуз цӏалун.\nРагьу-махӏу берцинаб\nГордухъанги валагьун,\nАнищ букӏана, ясай,\nЦо дуда бер речӏчӏизе.\nСайгидахӏмад Ахӏмаднабиев\nДур берцинлъиялъул\nБицен гьабуни,\nБеццалцин канлъила,\nКамиллъи лъазе.\nКинабго дур чорхол\nЧалухлъи лъани,\nЧанги гӏолиласул\nГӏакълу босила.\nКъаси тӏаде яхъун\nЖузгӏаги цӏале,\nЦӏекӏал харбаздаса\nРикӏкӏад хутӏизе.\nЦӏаларазухъ хьвадун,\nСабабал хъвае,\nСаяхъал къоролаз\nКъор гъеларедухъ.\n***\nМерседесгун вачӏарасе\nКьела гьай,\nГьундул-кӏалгӏа кӏудиясе\nКьела гьай.\nТукен, кафе кодосесе\nКьела гьай.\nБанкетный зал бугесеги\nКьела гьай.\nКьибил-тухум кӏудиясе\nКьела гьай.\nТухумалъул берцинасе\nКьела гьай.\nДун гӏадинав гӏинкъасе —\nКьоларо гьай.\nДжигит гӏадав рекъасе —\nКьоларо гьай.\nВакъарав редактор щай —\nКьоларо гьай.\nБикъулев цӏогьорги щай —\nКьоларо гьай.\nГӏумахан Гӏандийский\nРедактор, нуж гӏадинан,\nРегӏун гьечӏо ясазде,\nЛъагӏалил ахиралде\nБюджет къачӏазе ккола,\nНужер тукенги залги\nЗаирае щай, гьудул,\nЦӏалуде тӏад къуларай\nКъиматай докторалъе?\nСайгидахӏмад Ахӏмаднабиев\nЦӏалуде къуланилан,\nКъиматищ гьелъул хвелеб,\nКъирал, паччахӏ гӏадинав\nГьудул аскӏов вугони?\nГӏумахан Гӏандийский\nКъирал-паччахӏ гӏадинав\nКисан гьанже бихьинчи?\nКиналго руссун руго\nФейсбуказде жанире.\nРокьул къимат хун буго,\nКъвал балев вихьуларо,\nКъахӏан подушкаги ккун,\nПударула сетазда.\nЦохӏо сасикьев вуго\nСаламатав бихьинчи,\nРачӏа гьесий гьаризин,\nГьайбатай яс Заира!\nАмма цо хӏинкъи буго,\nРекӏел хӏалхьи бикъараб —\nДур гарем лъани, Заи\nЛъавудаса инадай?\n***\nДуде кучӏдул хъвалел\nШагӏирзабазе,\nЩай жаваб кьолареб,\nКьер меседил бис?\nКьечӏеб талихӏилан,\nМагӏид рецӏцӏулел,\nРуцӏцӏинаре, Заи,\nЗагӏипал васал!"}
{"slug": "7509-chokhtio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7509-chokhtio", "title": "Чохтӏо", "date": "2020-03-12 13:44:26", "categories": ["bakikos"], "text": "Патӏи, мун ячӏарай\nКьохъан ятани,\nКьодухъ ссак биххичӏеб\nГӏаламат гурищ\n(Цӏадаса Хӏамзат)\nПатӏи, мун ячӏараб\nКьо бугебани,\nКьелаан къойилго\nКъадругун салам,\nВа щибаб ворчӏуда\nВачӏинаан духъ,\nЧӏагоял тӏугьдулгун\nНакаби чӏвазе.\nАмма мун хьвадараб\nХьиндалазул кьо,\nНекӏого хисана,\nМаххулаб лъезе,\nХерав Хӏамзатица\nХӏукму къотӏараб,\nЖакъа музеяхъцин\nГьечӏо чохтӏоги.\nГьеб хисун магӏарухъ\nДур магӏарулалъ\nМахералъул шарфал\nРуго жемулел.\nЦӏакъго «современний»\nСверуде ккараз,\nНорка тӏагъур буго\nНадалде цӏалеб.\nРилълъин хисун буго,\nПатӏи, яцазул –\nПайтоналда рарал\nЧуялин ккола,\nЧерх-керен, кинабго\nРагьараб зодикь,\nКъогъеназда лъураб\nКъайи кинниги.\nКалам-нич тӏагӏараб\nГьазул кӏутӏбузда –\nКӏиго – гӏурус мацӏалъ,\nЦо – рахьдал мацӏалъ,\nКъунцӏарал бутӏрулги,\nБетӏараб расги\nБатӏияб къо буго\nЖакъа тӏаде щун.\nОгь, Гӏашурал Патӏи,\nГӏашурал Патӏи,\nГӏалам гирун араб\nГьаб гӏассияб кӏкӏал,\nОгь, Гӏандиса Патӏи,\nГӏандиса Патӏи,\nТӏубан Петералде\nСверараб дунял."}
{"slug": "7510-tsiodoral-zhal-rukiuna-ruchchabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7510-tsiodoral-zhal-rukiuna-ruchchabi", "title": "Цӏодорал жал рукӏуна руччаби", "date": "2020-03-12 13:48:02", "categories": ["bakikos"], "text": "Ункъо чӏужугун хӏежалдеги ун вуссарав чиясда цӏехон буго гӏакъуба-къварилъи бихьарабищилан. Валлагь, кӏудияб къварилъиго бихьичӏилан абун буго гьес, ганчӏазда къочардилел алги рукӏанин, бихьинчи гӏадин бохалде бохги бахинабун азухъ валагьун дунги вукӏанин.\n***\nУнкъо лъимер цадахъ жиндие гьабураб мехалъ цояс абун буго, нолъ дир чӏужуялъ Мухӏаммадил уммат бахъинабизехъин букӏанин, цо талихӏалъ, сордоги рогьун хутӏанилан.\n***\nДуца чӏужу хӏежалде жийго цохӏо щай йитӏулей?\n— Я вац, гьай хӏамидасаги йортана, куракул гъотӏодасаги йортана, гьанже хӏежалде ялагьизаюлей йиго, мерхьунгӏаги холарищали бихьизе.\n***\nКӏалги ккун, къечон холаго, харил магьги цӏун ячӏуней чӏужу-гӏаданалда ратун руго жидерго магъилъ гьекъолдулел, аскӏоб бугеб росдал гӏолохъаби. Гьай гъозде семун йиго, нужеда ничги яхӏги гьечӏищ, гьаб хирияб моцӏалъ гьедин рукӏинеян. Я, яц, нижеца колхозалъул собраниеги ахӏун гьаб кӏалккул моцӏ хасалоялде нахъ бахъанагури бигьалъиялъеян, жаваб гьабун буго гӏолохъабаз.\nНижер гӏабдалзабаздани лъаларо гьединаб жо гьабизеянги абун, гьайги ун йиго."}
{"slug": "7511-matsiaz-butsitsiarab-kvatsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7511-matsiaz-butsitsiarab-kvatsii", "title": "Мацӏаз буцӏцӏараб квацӏи", "date": "2020-03-12 13:53:06", "categories": ["kultur"], "text": "— Нилъ руго батӏи-батӏиялги ва цоцазда релълъаралги. Цого анищалги, цого пикрабиги, мурадалги цохӏо нилъер. Ва гьеб кинабгоги нилъе-нилъер мацӏалда. Бакъги гьеле гьеб мацӏалда гьимула нилъее, талихӏалъги гьеб мацӏалда бала нилъеда къвал – гьеле гьединаб букӏана Каспийск шагьаралъул №2 школалъул рахьдал мацӏазе сайгъат гьабураб, учительзабиги цӏалдохъабиги гӏахьаллъараб тадбиралъул ахӏи. Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏелмиял хӏалтӏухъаби Хӏайбула Вакилов ва Разият Ражабова, «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.\nГӏахьалчагӏазда байрам баркана школалъул директор Гӏалибег Хъазанбиевас.\n— Дагъистаналъул рухӏияб бечелъи-лъун ккола гьелъул миллаталги миллатазул мацӏалги. Нилъер, чӏахӏияб гӏелалъул, ватӏаналда цебе буго кӏудияб борч — наслабазе цӏунизе ккола нилъерго мацӏги, гӏадаталги, гӏамалалги. Ракӏ бохизе бачӏуна, улкаялъул букӏинесеб кодоб бугел гьал лъималазухъ гӏенеккидалги. Дагъистаналъул мацӏаз буцӏцӏараб хӏикматаб квацӏиялъ божизе тӏамулел руго мацӏал чӏаго рукӏине рукӏиналда, — ян абуна гьес.\nШколалъул рахьдал мацӏазул учительзабаз хӏадурарал цӏалдохъабаз рикӏкӏана, цӏалана, ахӏана жиде-жидер мацӏазда кучӏдул, рихьизаруна Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асаразул кьучӏалда гӏуцӏарал сценкаби. Байрамалда нур базабун букӏана гьелъул жигарал гӏахьалчагӏилъун рукӏарал жалго учительзабазги. Гьезги бихьизабуна рахьдал мацӏазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ бицунеб сценка. Цӏалдохъабазда ва учительзабазда байрам баркана гьалбадерицаги. Гӏумруялдаса мисалалги рачун, гьез бицана рахьдал мацӏазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.\nГьанибго бицине бокьун буго гьеб школалда ратарал магӏарул цӏалдохъабазулги. Гьел хӏадур гьарун ругоан магӏарул мацӏалъул учитель Патӏимат Зургьаловалъ. Гьел лъималазухъ гӏенеккидал, ургьиб ракӏ басандизе лъугьараб гӏадаб асар гьабулеб букӏана. Гьале дол, дир миллаталъул букӏинеселда рессун ругел накъищал, гӏагараб миллаталъул бакъул гвангъарал чӏорал. Гьел чӏоразул хинлъи лъугӏизе рес гьечӏо ракьалдаса.\nГьеб къоялъ гьел лъималазул гьурмазда гьимулеб букӏарабщинаб талихӏ ракьалде биччарабани, мацӏаз буцӏцӏараб квацӏидал махӏ щивасул рекӏелъ рещтӏине букӏана. Ахӏана гьез магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул."}
{"slug": "7512-k-elebal-razi-garuna-tsiiyab-tiekh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7512-k-elebal-razi-garuna-tsiiyab-tiekh", "title": "«Къелебалъ» рази гьаруна (Цӏияб тӏехь)", "date": "2020-03-12 14:18:45", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда къватӏибе бачӏана Зубаир Мухӏамадовасул «Къелеб» абун цӏар лъураб тӏехь. Авторас кӏудияб хӏалтӏи гьабун буго къелдерил тарихалъулги, гӏадатазулги, гӏумру-яшавалъулги рагӏа-ракьанде щун бицине.\nКъелдерил букӏана 6 росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, Гӏурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ ва Рукъдахъ). Рукъдахъ росдал иш лъугӏанин абизеги бегьула. 1944 соналда хӏал гьабун Чачаналде гочинаруралдаса гьезул чи тӏокӏалъ магӏарухъе рачӏинчӏо. Гьезда цадахъго гочун рукӏарал Гӏурчухъ ва Хьиндахъ росабалъа гӏадамалги парахалъана Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ. Авторас мухӏканго бицунеб буго щибаб росдалги, гьениса рахъарал машгьурал гӏадамазулги, гьел росаби гӏемерал кулабаздаса лъугьиналъулги хӏакъалъулъ. Щибаб росу сверун ругел иццазул, хурзабазул, харибакӏазул, гохӏ-щобазул, мегӏер-гӏалахалъул цӏаралцин рехсон руго тӏехьалда. Мухӏканаб баян кьолеб буго къелдерил ратӏлиеги, кванил нигӏматазеги, рукӏа-рахъиналъеги, ригьин гьабиялъеги, бертабалъ рукӏунел махсарабазеги. Рехсон буго 1886, 1917, 1935-абилел соназда букӏараб халкъалъул къадарги.\nКъелеса ккола Къудукьа Мусаласецин дарс кьуравин абулев машгьурав гӏалим Гӏали ва имам Шамилил вукӏарав наиб Мухӏамадилав. Гьезул тарихалдеги ва-ккун вуго автор.\nРакӏалде щвезарулел руго Хӏ. Хашаевас данде гьарурал къелдерил некӏсиял гӏадаталги.\nТӏехьалъе чӏагояб асар кьун буго гьенир лъурал цереселги гьанжеселги гӏадамазул суратаз. Бицунеб буго кинаб росу кинаб колхозалде гъорлъе унеб букӏарабали.\nТӏехь данде гьабурав Рукъдахъа наслуялъул чи, жакъа, пенсиялда вугониги, Гудермесалъул институталъул директорасул заместительлъун хӏалтӏулев вугев Зубаирие баркала кьела къелдерица."}
{"slug": "7513-magiarul-liza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7513-magiarul-liza", "title": "Магӏарул Лиза", "date": "2020-03-12 14:36:42", "categories": ["kultur"], "text": "(Цебесеб 8-абилеб номералда)\nНахъисеб къоялъул рогьалил гӏужда гӏурус мугӏалимзаби Буйнакскиялдаса, жиде-жидее бихьизабухъе, рахъ-рахъалде нухда ана. Гьалмагъзабигун Лизаги сапаралде яхъана Хунзахъе унезда цадахъ. Гьалбал магӏарухъе регӏизе тӏадкъайгун, жавабиявлъун витӏарав магӏаруласда загӏипго гурони лъалеб букӏинчӏо гӏурус мацӏ. Гьесулги гьалмагълъун вукӏана сапаралде цадахъ ккарав цоги нухлулав.\n…Гьел гьалмагъзабазда цадахъ ячӏун, щун йикӏана Лиза 1930-абилеб соналъул августалъул бакьулъ Хунзахъ росулъе, цӏар рагӏараб магӏаруллъиялъул некӏсияб тахшагьаралде. Жеги лъалеб букӏинчӏо гьелда кинаб росулъе жий къисматалъ ячинеяли.\n— III —\nИнкъилабалда цебе, пачаясул заманалда Хунзахъ округалъул Гъойс-убола участоклъун букӏараб Хьиндаллъи, Дагъистаналда тӏоцере районал гӏуцӏулелъул Хунзахъ районалде гьоркьобеги бачана. Гьитӏинлъулаго, гьеб районалде сверун букӏана цебегосеб гучаб магӏарул пачалихъ. Гьаб улка-ракьалъул бечедаб ва бахӏарчияб тарих жеги лъаларей гӏурус яс йикӏана, магӏарулазул тарихалда жиндирго лъалкӏ тезе нигаталда, Хунзахъе щун. Жинда цӏехарал суалазе жавабалги кьун, гьей ялагьун чӏун йикӏана хӏакимас хӏукму къотӏиялъухъ.\n— Ассаламу гӏалайкум! Гӏайиб гьабуге, цӏакъ гӏедегӏун вуго. Цо суал букӏана цӏехезе, — янги абулаго, районалъул халкъияб лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулесул рокъове ваккун вачӏана къамартӏав гӏолохъанчи.\n— Вагӏалайкуму салам! Лъикӏ щварав! — ан жавабги кьун, гьесда дандчӏвазе рахъана нухмалъулевги гьенир рукӏарал бихьиналги.\n— Рихьуниве мугӏалим витӏизе рагӏи кьун букӏун буго нужеца. Дида тӏадкъана бегавулас ва росуцояз, щоларищ гьевали цӏехезе.\n— Гӏодов чӏа, хӏалчӏахъад, цӏакъ лъикӏ ккана мун вачӏин, — ан гьимана идараялъул хӏаким.\nГьес Лиза ахӏизе чи витӏана. Киехун йигониги хӏалтӏуда юхьинаюн лъай кьеялъул отделалъухъа бажаричӏого, чанго къо базе ккун букӏана гьелъ Хунзахъ хъалаялъуб. Хӏакимас гьоболасда цӏех-рех гьабун бахъиналде ячӏун, гӏодой чӏана гьейги.\n— Гьале нилъехъе мугӏалимлъун ячӏун йиго гӏурус яс — Семенюк Елизавета Матвеевна. Гьай бегьуларищ нужее? — абун, йихьизаюна идараялъул нухмалъулес гьей.\n— Лъаларо… Батӏияв чиго гьечӏищ, гьей яс гурони? — ян, дагьабго ишкалгун, цӏехана гӏолохъанчияс, лъикӏ гӏурус ясалъухъги валагьулаго.\n— Гьечӏо. Тӏокӏав мугӏалим витӏун вачӏинги щакаб буго исана магӏарухъе. Лъикӏ ургъе мун, инкар гьабилелде.\n— Ургъизе бакӏ гьечӏо. Тӏокӏав гьечӏони, гьай йитӏизе ккела.\nХехаб ва таваккалаб хӏукму къотӏана гӏолохъанчияс. Гьоркьов хӏакимгун, гьесги Лизацаги лъай-хъвай ва цӏех-рех гьабуна. Цоцадаги ричӏчӏун, чӏахӏиязул гӏакълуги гӏадахъ босун, цо пикруялде рачӏана гьел. Рихьуние ине мугӏалимги, гьей цадахъ ячине гӏолохъанчиги разилъана. Кватӏичӏого рахъана сапаралдеги.\nЖивго вукӏаравани, гьев сапар бухьине гӏедегӏизе ккелароан. Нухде вахъине гӏолохъанчи тӏамуна, ракӏалдаго гьечӏого, тӏаде ккараб жавабчилъиялъ. Цо гурони гьечӏеб чуги, цадахъ йигей гӏурус гьоболги, кьварарал магӏарул гӏадаталги хӏисабалде росун, къотӏана гьес хехаб хӏукму. Гьедин ккана сапар гӏужда бухьине ва росулъе къадго тӏадвуссине гьесул пикру.\nЛиза яхинаюна чоде. Живго вилълъана чуги хадуб цӏан. Мугӏрузул шартӏазда лъадарарав гьесие щибниги къварилъи букӏинчӏо лъелго вилълъиналъул. Гӏемер гьев хьвадарал нухал рукӏана цере. Лизае букӏана гьеб кинабго цӏияб, лъалареб, балъгояб тӏабигӏатлъун. Хъантӏун ва кӏудияб гъираялда ялагьулей йикӏана гьей магӏаруллъиялъухъ. Цӏакъ берциналлъун рихьана гьелда хунздерил тӏалъиги гьенир нахъа тарал росабиги.\nГӏарахъ мегӏералъул тӏогьаздасан гьелъие нахъеги рагьана мугӏрузул гӏажаибаб сурат. Цӏидасан байбихьулеб букӏана цин тӏогьазде, цин жанирлъабазде рачунел нухал. Гӏодоре лъугьиндал, буцӏулдерил лъарахъ дагьабго заманалъги рещтӏун, цинги рахана макӏсадерил тӏогьазде. Батӏияб рахъалъан сонго бихьараб хьиндалазул жаниблъи цӏидасан рагьана гӏолилалда цебе.\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7514-mikabileb-mart-ikhtiyarishch-yagi-bakiab-girishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7514-mikabileb-mart-ikhtiyarishch-yagi-bakiab-girishch", "title": "Микьабилеб март – ихтиярищ яги бакӏаб гьирищ?", "date": "2020-03-12 14:47:23", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дида микьабилеб март лъалаан руччабазда баркиялъул берцинал рагӏаби абулеб, батӏи-батӏиял тӏугьдуз\nкъалъизабураб къолъун. Чӏужугӏадан — эбелалъе, яцалъе, лъадуе, учительницаялъе баркала загьир гьабулеб байрамлъун бихьизабулаан гьеб нижеда школалда цӏалулеб мехалдаги.\nАхирал соназдайин абуни, гьеб байрам кӏодо гьабиялъулги гьелъул тарихалъулги хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял пикраби тӏиритӏун руго халкъалда гьоркьор. Жакъа микьабилеб март руччабигун бихьиназе ращадал ихтиярал кьолеб байрам гуребги, намус тӏагӏарал цо-цо къокъабазе ихтиярал кьеялъул къо кколинги абун, политикиял хӏаялгун жубазабун чорок гьабула. Исламалда рекъон, гьеб бихьизабун батула баркизего бегьулареб байрамлъун.\nГьеб къоялъул тарихалъулъеги раккун гьелъул ритӏухълъигун тӏекълъи гӏочӏода чӏван бихьизаби гуро макъалаялъул мурад бугеб. Магӏарул чӏужугӏаданалъе гьелъ гьабураб лъикӏлъи яги квешлъи бугищ абураб суалалъе жаваб батизе бокьун буго.\nХӏажат бугищ магӏарулалъе, бусурбанчӏужуялъе микьабилеб марталъул байрам? Магӏарул руччабазул гӏумруялъулъ кинаб хиса-баси лъугьараб бихьинчиясулгун ихтиярал ращад гьариялъе гӏоло гӏуцӏараб байрамалъ? Гьелда тӏасан батӏи-батӏияб пишаялъул руччабазул пикраби цӏехана нижеца.\nШамай — мугӏалим, мухбир: «Гьеб байрамалъ сундуего квал-квал гьабичӏо. Чӏужугӏаданалъе рес ккана тӏадегӏанаб лъай щвезе, лъаялда рекъон гӏумру бачине. Гьелда кӏвана хъизанги, рукъги, жамгӏияб гӏумруги цадахъ бачине. Ахираб заманалда нилъеца киналъулго диналъул рахъги борцун хал гьабулеб буго. Гьеб байрамалъул магӏнаги киданиги букӏинчӏо, бихьинчиги диваналда вегун тун, чӏужугӏаданалъ магӏишатги кинабго хӏалтӏиги жинцаго гьабизе кколин абураб. Гьелъул магӏна ва мурад букӏана чӏужугӏаданалъе жиндирго пагьмуялдаса пайдаги босизе, хӏалтӏигун цадахъ жиндирго хъизан-рукъги бачине щвей. Нилъ ругьунлъулел руго цебе букӏараб кинабго лъикӏалдаги квешалдаги тӏад хӏучч цӏазе. Гьанжейин абуни цо-цояз гьеб байрам гӏад-хочӏие гьабулеб буго. Руччаби бихьиназдаса цӏакъаллъун рихьизариги букӏинчӏо байрамалъул магӏна. Гьеб букӏана чӏужугӏаданалъулги щивав инсанасул гӏадаб ихтияр букӏине кколин жамагӏаталда гьоркьое яхъинеги, жиндирго пикру загьир гьабизе, лъикӏаб лъай щвезегиян абураб магӏнаялда ургъараб байрам. Гьениб щибгӏаги квешлъи бихьулеб гьечӏо дида.\nДие микьабилеб март ккола рекӏелъе рохел рещтӏунеб, их макьидаса борчӏулеб заманлъун».\nМарина, лъабго лъимадул эбел: «Микьабилеб март нижер хъизаналда кӏодо гьабуларо. Тӏугьдул кьолеб гӏадатги гьечӏо. Дие гьеб байрам бокьула, тӏугьдул ва цогидаб сайигъат росас кьуни, гьелдасаги йохилаан. Гьеб капурзабаз ургъараб байрам баркизе бегьулеб гьечӏин, сайгъаталги гьаризе бегьуларин абула цо-цояз. Бусурбабазул байрамаздаги щайха бихьиназ жидерго лъималазул улбузе тӏугьдул яги сай-гъатал кьоларел? Берцинаб рагӏиги, лъагӏалида жаниб цо нухалдагӏаги тӏугьдузул квацӏи-ги щвезе мустахӏикъай гьечӏищ чӏужугӏадан?!\nДица баркала кьола руччабаздаги бихьиназдаги гьоркьор ихтиярал ращад гьаруразе. Жакъа хъизан хьихьизе росасе цӏакъ захӏмалъилаан дун хӏалтӏулей йикӏинчӏейани. Лъимал кваназарураб гӏоларелъул, жа-къасеб къоялда рекъараб лъайги кьезе ккола гьезие, минабиги разе ккола. Диналда рекъон, чӏужугӏаданалда хӏалтӏизе тӏадаб гьечӏинги абун, гӏодор чӏун тӏубалел гьечӏо жакъа руччаби.\nНилъер республика бечедаб бакӏ гуреблъи, дица бицинчӏониги, лъала киназдаго. Нилъер руччаби киданиги рукӏинчӏо рахӏаталда рокъорги кӏусун. Гӏасрабаз тӏаса инчӏо магӏарулалдаса хурулги боцӏулги захӏматаб хӏалтӏи. Лъималазе тарбия кьеялъул ишги кидаго чӏужугӏаданалда тӏад букӏана. Бихьинал хӏалтӏудаса рокъоре щвейгун, къоялъ хӏалтӏун свакан ругинги абун, телевизоралъухъги балагьунги тӏубала. Руччабазейин абуни хӏалтӏудаса рокъоре щвейгунги рес букӏунаро хӏалхьи гьабизе. Къоялъ рокъойго йикӏуней гӏадатияй чӏужугӏаданалъ гьабулеб кинабго хӏалтӏиги букӏуна гьелда тӏад, лъималазе цӏалулъги кумек гьабизе, гьалбалги къабул гьаризе ккола. Бокьилаан лъагӏалида жаниб цо нухалъгӏаги баркалаялъул рагӏаби рагӏизе».\nГӏаишат, пенсионерка: «Микь-абилеб мартги, чӏужугӏаданалъе хӏалтӏизе жамагӏаталъулъе яхъине ихтиярал щвезарурал гӏадамал, щал ратаниги, гьезие нагӏана кьола дица. Магӏарул чӏужугӏаданалъул гӏадлу биххизабуна эркенлъиялъ. Чӏужугӏаданалъе бихьиназда ращадал ихтиярал кьунин абун дун йохарай гьечӏо, щайин абуни эркенлъиялдаса бергьун кӏудияб пайда босарал гӏемерал руччаби «рахсидаса» тӏун ана. Гьез цӏунуларо я шаргӏалъул нух, я умумузул кьучӏ. Чӏужугӏаданалъухъе рокъоб-ги къватӏибги ихтияр щвеялъ магӏирукъгицин тепсиялде буссинабулеб буго. Хвелги бертинги тӏобитӏиялъул низам руччабазухъ буго. Гьелдалъун гьечӏищ зарал нилъер жамгӏияталъе? Бихьиназул рагӏи билълъунгутӏи — гьеб гурищ нилъ пашманлъизе ккараб хӏужа? Кредиталги росун бертаби гьаризеги чӏужугӏадан йиччаялде ккун буго гӏемерал бихьиназул даража.\nЧӏужугӏаданалда бакӏлъи борхун бажарулеб букӏиналде ругьунлъарав бихьинчи загӏипавлъун лъугьунев вукӏиналъул мисалал гӏемер руго. Чӏужугӏаданалъулин абуни тӏабигӏатго бихьинчиясда-са цӏикӏкӏун захӏмалъи хӏехье-зе кӏолеблъун бижараб буго. Ракӏбакъвайги, тӏаде бачӏараб ба-\nлагь-къварилъиги хӏехьезе чӏужу-гӏаданалъухъа цӏикӏкӏун бажарула. Хӏасил-калам — чӏужугӏаданалъул бажари цӏикӏкӏанагӏан бихьинчиясулъ чаран чучлъана».\nПатӏимат, жамгӏияй хӏара-катчӏужу: «Бихьинчиясулгун ращадал ихтиярал щваралдаса нахъе хӏалтӏудаги жамагӏаталда гьоркьобги чӏужугӏаданалъул гъуждузда тӏад буго цӏакъ захӏматаб «гьир». Кӏудияб хӏалтӏуда йигей магӏарулалъе жакъа жиндирго напс квешабщиналдаса цӏунизе бигьаяб иш гьечӏо. Хисардулеб гьаб заманалъул квешлъабаздаса жийго цӏуниялъе цеетӏурай чӏужугӏаданалъе сабаблъун буго гьитӏинго щвараб исламалъул кьучӏ, чорхолъ бессараб росдал гӏадат-гӏамал, умумузул ракьалъул-гун кидагосеб бухьен. Гьединай чӏужугӏадан йикӏине бегьула 100 бихьинчиясда гьабизе бажарулареб лъикӏлъи халкъалъе гьабулейлъун-ги. Лъикӏаб тӏадегӏанаб лъайги щварай, иманги, исламги, адабги чорхолъ бугей чӏужугӏадан ккола жамгӏияталъего пайдаяй гӏадан. Гьелдалъун берцинлъула гьелъул тухум, росу, Дагъистан.\nЖакъа чӏужугӏаданалъе кутакалда захӏмалъулеб буго хъулухъалда йикӏине, гьелдаго цадахъ жиндирго ва хъизаналъул къадру-къимат мустахӏикъаб борхалъуда цӏунизе. Гӏемерал гьечӏониги политикая-лъулъги, жамгӏияб гӏумруялъулъги бихьиназдаса лъикӏ хӏалтӏи гьабулелги руччаби руго нилъер. Жеги цӏикӏкӏун рукӏинеги бегьилаан жамгӏияталъе цӏикӏкӏун пайда кьолел руччаби. Чанги лъайги гӏакълуги цӏикӏкӏарал руччабаз хъулухъ-ишалда данде тӏаса бищулеб буго лъималазе тарбия кьун рокъор чӏезе. Гьел ратилаха лъикӏаб бажариялъул бихьинчи рокъов вугел хъизанал».\nМарият, бизнесчӏужу: «Микь- абилеб марталъул байрам кидаго кӏодо гьабулаан нижеца. Магӏарул чӏужугӏаданалъ хурзабахъ ва бокьазухъ гьабизе кколеб захӏматаб хӏалтӏи тӏаса ана. Рес щвана лъай босизе, бокьараб ишалде руссине. Рос хӏалтӏулев вугин, гьес хьихьун йигин абун, дун щай рокъой чӏезе кколей? Гӏицӏго богорукъги, хурги, бокьги гурони бихьизе мустахӏикъай гьечӏищ чӏужугӏадан? Бихьинчиго гӏадин Аллагьас йижарай, гьесулго гӏадинал анищалги хьулалги ругейлъун ккола чӏужугӏаданги. Росасул жиндирго хӏалтӏи ва анищал руго, диеги гьукъуларо гьес анищазда хадуй лъугьине. Гӏумруялъго цӏалулей, лъай босулей йикӏине ккола чӏужугӏадан. Лъималазда малъизе ккани, цин эбелалдаги лъазе ккола дунял. Дица машинаги бачуна, дирго бизнесги рагьун буго, гьеб дие гьукъулев чиги гьечӏо. Амма камуларо рокъор гӏодорги кӏусун, дилъ жахӏда гьабулел руччабиги»."}
{"slug": "7517-teatral-ul-vas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7517-teatral-ul-vas", "title": "Театралъул вас", "date": "2020-03-13 05:54:47", "categories": ["lit"], "text": "Мухӏамад Дудуевасулгун дир лъай-хъвай кӏиго соналъ цебе ккун букӏана. Казбек районалъул Дилим росулъ тӏобитӏулеб букӏана «Хӏакъикъат» газеталъул къо. Байрамалде вачӏарав гӏолилас рикӏкӏараб Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай» поэмаялдаса бутӏаялъ битӏахъего асир гьаруна гьенир киналго.\nАнищалъул цӏваялда хадув\nЩуго сон барав чи вукӏана гьев, тӏоцебе Авар театралъул спектакль сценаялдасан бихьараб мехалъ. Росулъе бачӏараб Авар театралъул «Мугӏрузул Гӏали» трагедия бихьаралдаса нахъе гьес гӏемер пикру гьабуна театралъул. Гьесул рекӏелъе ана актер Хирамухӏамад Хирамухӏамадовасул цевевахъинги.\nЖив Хирач вугиланги абун, гьесухъего хӏалев вукӏунаан вас ро-къов. Кӏудияв гӏунагӏан театра-лъухъ гӏащикълъулев вугониги, Мухӏамадида бичӏчӏулаан мурадалде щолеб къеркьей хӏалуцараб букӏинеблъи. Шаргӏалъул тӏалабал цӏунараб хъизамалда гӏолев, школалда цӏалулеб мехалда, нашидал ахӏун цеве вахъунев гьесие бигьаго букӏинчӏо театралияб искусствоялде гали тӏамизе. Эбел-инсудаса байбихьун тӏубараб тухум дандечӏун букӏана гьесул гьеб гъираялде. Амма гьесда къуркьизе ракӏалда букӏинчӏо. Школалда цӏалулев Мухӏамад ахӏана хӏалтӏизе районалъул культураялъул рокъове. Гьенир лъолел сценкабаздаги ролал хӏалаан Мухӏамадица. Дагьавги кӏудияв гӏедал, цадахъ хӏалтӏулезул квербакъиялдалъун,\nрайоналъул театр цӏигьабизе бокьана гьесие. Къо бахъанагӏан Авар театралде ракӏцӏалеб букӏана Мухӏамадил. Нухда унеб харжа-\nлъухъ балагьичӏого, Махӏачхъа-лаялде сапарал ризлъулаан гьасул, кидагосеб мурадги — цоги нухалъ Авар театралде щвей.\nТӏоцебесеб нухалъ театралъул кӏалгӏаялде щведал, Мухӏамадие цӏар лъезе лъалареб асар гьабуна. Бокьун букӏинчӏо гьесие гьениса нахъе инецин. Гьесда бичӏчӏана жиндир къисмат гьаниб, театралъул кӏалгӏаялда бухьараб букӏин.\n— Гьаб буго дие гӏумруялъ майилан кьолеб сайгъат. Йохъ! Гьеб дица къабул гьабизе ккола. Дида кӏалъалеб буго къисмат. Гьелъ, кверги ккун, цӏалев вуго дун искусствоялъул гьайбатаб дунялалде. Киданиги гьабизе гьечӏо инкар! Гьедин ахӏулеб букӏана гӏолиласул ракӏалъ.\nМухӏамадил лъай-хъвай ккана ракьцояв, театралъул актер Хӏайбула Хасаевасулгун. Гьесухъ гӏенеккидал, дагьабги гъира ккана сценаялде вахине.\nМухӏамадицаги цадахъ хӏалтӏу-лезги цӏияб рухӏ гъуна Казбек районалъул театралда. Гьел гӏахьаллъана Махӏачхъалаялда тӏобитӏулеб халкъиял театразул фестивалалда. Районалъул театр цебе бахъунеб букӏана «Мугӏрузул Гӏали» спектакльгун. Мухӏамадица хӏалеб букӏана Гӏалил роль. Гьелдаса хадуб Мухӏамадил пагьму-гьунаралъе тӏадегӏанаб къимат кьуна Дагъистаналда машгьурай театралияй махщелчӏужу Гулизар Султӏановалъ. Гьебго заманалъ Казбек районалъул театралъе кьуна Халкъиябин абураб цӏар.\nЖиндирго анищалъухъе гӏедегӏун вугониги, Мухӏамадие бокьун букӏинчӏо эбел-инсул адаб тараб жо гьабизеги. Кьучӏдасанго гьесул гӏумру хисиялъе сабаблъун ккана районалъго кӏудияб адаб-хӏурмат жиндир гьабулев цо чияс (Мухӏамадие бокьичӏо гьесул цӏар бицине) васасе квалквал гьабугейилан инсухъе бачӏараб ругьел. Гьеб букӏана гӏолиласул бищунго талихӏал къоязул цояблъун.\nДунялалда жаниб цогиги дунял\nМухӏамадил берал кенчӏолел рукӏана, театралъул бицунелъул.\n— Театр — гьеб ккола дунялалда жанибги бугеб дунял. Хӏикматго берцинаб, бацӏцӏадаб, гьуинаб тӏагӏамалъул хӏайранаб дунял. Цодагьабго хӏинкъиги бачӏуна рекӏелъе – къабул гьавилевдай дун гӏагараб халкъалъ. Бажариладай дихъа гьезул божилъи ритӏухъ гьабун. Гьединал суалалги рачӏуна дихъе сардилъгицин. Театр — гьеб буго нилъер гӏумруги, къисматги, къисаги. Бокьун бугеб куцха гьелда квер хъвазе, гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе, — ян бикьана Мухӏамадица театралде бугеб жиндирго рокьи.\nЗаманалдасан Хӏ. Хасаевасул кумекалдалъун гьесда лъала театралъул режиссер Гӏалисултан Батиров ва Хӏусен Казиев.\nГӏалисултаница гӏемерал малъа-хъваялги гьарун, Мухӏамад гӏемер цӏалдезе тӏамуна. Цо пуланаб къоялъ гьес Мухӏамад ахӏана театралде.\nТалихӏалъ къвал барав гӏолиласул рохалие гӏорхъиго букӏинчӏо.\nТӏоцебесеб хӏалбихьи,\nанищаб цевевахъин\n«Кив дун мекъи ккарав?» — гьеб драмаялда, къваригӏел гьечӏел ишазде гьоркьове ккарав Аминил роль хӏаялдаса байбихьана Дудуевас Авар театралъул сценаялда тӏоцебесеб гали.\nГьение дунги ахӏун йикӏана Мухӏамадица. Сценаялда дида вихьана гӏумруялда вугесдаса тӏубанго батӏияв гӏолилав. Гьадигӏан тӏабигӏат берцинав Мухӏамад сценаялда сверун вугоан бахьикъосарав Аминиде.\nЧӏвалеб хъатил гъугъаялъ кьуна гӏолохъанав актерасул махщалие къимат.\nВасасул гьунар режиссераздаги бихьичӏого хутӏилищха. Жиндихъегоги ахӏун, гӏолиласул хадурккунисел пикраби, анищал лъазаруна Гӏ. Батировас. Мухӏамадица жаваб кьуна жиндие театралъул васлъун вукӏине бокьун бугилан.\n— Актерасул махщалиде гъорлъе лъугьине, гьелъул балъголъаби лъазе, дие кӏудияб кумек щола Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏ. Казиевасдаса, — ян бицана Мухӏамадица.\n— Гьес нижеда бичӏчӏизабула сценаялда цӏараб хӏухьелалъул, битӏараб квералъул, хӏатта балагьиялъулгицин актерасул жавабчилъи букӏине кколеблъи. Дие кӏудияб баркала кьезе бокьун буго Хӏ. Казиевасе, Гӏ. Батировасе, Хӏ. Хасаевасе театралияб искусствоялде тӏамулел тӏоцересел дир галабазе дандчӏвай гьабуралъухъ. Хӏусен гӏемер хӏалтӏана дир гьаракьалда, кӏалъаялда, балагьиялда, кверазул ишаназда тӏад. Гьевгун, Гӏалисултангун дун гӏемер ккола цадахъ паркалда тира-сверизе. Бокьула гӏенеккизе гьез бицунелъухъ. Халбихьи цӏикӏкӏарал гьел актераз дие рагьула театралъул тарихалъул тӏанчал, хӏасратаб рокьигун бицуна жидерго театралияб гӏумруялъул…\nМухӏамад Дудуевас хӏараб кӏиабилеб рольлъун букӏана «Навруз» спектаклялъул аслияв герой Тӏалибил роль.\n— Гьанжего гьанже театралде хӏалтӏизе лъугьарав духъе кингӏаги кьолел аслиял ролал? — илан дица кьураб суалалъе нечадго гьимана Мухӏамад.\n«Мун йиго дир эбел» абураб спектаклялдаги аслияб роль хӏалеб буго Мухӏамадица. Мирзаханил роль ккола гьес хӏараб лъабабилеб роль.\nНилъеда сценаялда вихьула ракӏчӏун жиндирго роль хӏалев гӏолохъанав актер. Щибаб цӏияб роль хӏалаго, гӏолиласул бажариялда хадуб халккведал, бахиллъизе бачӏуна гьесул букӏинеселда. Жахӏдаялъ цебе хӏетӏеги ккун, гӏодов ккезавичӏони, жиндирго анищазул гвангъараб цӏваялъухъеги боржинаан гьесул гьунар.\nГьанже гӏагар Мухӏамадица спектаклязда хӏарал аслиял ролазул цояб ккола «Намус» спектаклялда Намусалъул роль.\nГьес хӏалел ролаздасанги бихьулеб буго живго гьевги бацӏцӏадаб ракӏалъул, борхатаб намусалъул, магӏарул яхӏалъул тӏалабазда рекъа-раб хьвада-чӏвадиялъул гӏолилав вукӏин.\nМухӏамадица рехун течӏо районалъул маданияталъулгунги бухьен, гьенив халкъияб творчествоялъул рахъалъ бетӏерав специалистлъунги хӏалтӏулев вуго гьев. Халкъияб театралъул коллективалда цадахъ иргадулаб цевевахъиналдаса хадув Мухӏамад мустахӏикълъана ДРя-лъул культураялъул министралъул баркалаялъул кагътие.\nГьунар цӏубалеб гӏужалда\nЖакъа Мухӏамадил махщел тӏегьалеб буго. Гьединаб гӏужалда гьеб беэдизе ва гӏумруялъул бураназдаса цӏунизе ккола.\nДида гӏемер дандчӏвачӏо Мухӏамад гӏадинал, театралъухъ рокьи ккарал гӏолилал. Театралияб искусствоялде гьесул рекӏелъ гьалдолеб гӏищкъул цӏадухъ чанги хинлъизе ратила нилъ.\nГара-чӏвариялъул ахиралдаги Авар театралъул гӏолохъанав артист М. Дудуевас абуна:\n— Дие бокьун буго гӏумру театралъе кьезе, тӏолалго къасдалги, пикрабиги, хьулалги сценаялдасан халкъалъе рикьизе.\nНух битӏаги гьесул анищазе. Биччанте гӏолиласул гӏумруялъул нухал гвангъизаризе гьесул цӏиял ролаз, цӏияб гъасда жинцаго бакараб талихӏалъул цӏаялъ."}
{"slug": "7531-kinazgo-rakh-kkuna-kommunistaz-khutiizegian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7531-kinazgo-rakh-kkuna-kommunistaz-khutiizegian", "title": "Киназго рахъ ккуна, коммунистаз хутӏизегӏан", "date": "2020-03-16 07:18:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 марталда Халкъияб Собраниялъул иргадулаб гуреб сессиялда гьоркьоб лъун букӏана РФялъул Конституциялда гьарулел ругел хиса-басиязул суал.\n90 депутатасда гьоркьоса 72-яс загьир гьабуна гьел хиса-басияздаса жидерго бугеб разилъи. Анлъго чи дандечӏана. Парламенталда бугеб коммунистазул тӏубараб фракциялъ абуни хӏукму гьабуна гьаракьго кьечӏого чӏезе.\nГьеб суал тӏубала исана 22 апрелалда. Гьеб къоялъ улкаялда тӏобитӏизе буго гьел хиса-басиял хӏажат ругищ-гьечӏищали халкъалъул пикру цӏехолеб референдум.\nСессиялъул байбихьуда Халкъияб Собраниялъул комитеталъул нухмалъулев Гӏалавудин Мирзабалаевас баян гьабуна Конституциялда щай хиса-басиял гьарулел ругелали. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабсагӏаталда бугеб Конституция Россиялда къабул гьабун букӏана цебесеб пачалихъияб гӏуцӏиги биххун, кинабго магӏишат тӏатӏала ккун, сундасан щиб байбихьилебали лъаларого ругеб мехалда — 1993 соналда.\nГьанже ахӏвал-хӏал тӏубан батӏияб бугин, додинаб хӏапу-чапурги гьечӏин, амма букӏаниги, гӏадамазул гӏумру хисулеб бугин, гьединлъидал дагьа-макъал хиса-басиял гьаризе кколел ругин бицана Мирзабалаевас. Гьединаб пикру загьир гьабуна президент Владимир Путиницаги.\nХасго хӏажат бугила социалияб рахъалдеги, улкаялда тӏадегӏанал хъулухъаздехун чӏезаризесел тӏалабаздеги кӏвар кьезе.\nГьел хиса-басиял гьаризе улкаялдаго тӏаса рищарал экспертазда гъорлъ вуго Халкъияб Собраниялъул спикер Хизри Шихсагӏидовги.\nГьес бицана хиса-басиязда хурхун 900-ниги батӏияб пикру битӏун бачӏанила комиссиялде. Гьезул 200 къабулги гьабунила. Нилъер республикаялъул Жамгӏияб палатаялдасагун ДГУялъул юридикияб институталдасаги рукӏанила гьезда гъорлъ.\nЦо-цо гӏарзал рагӏизе бегьула, бицунел рукӏин гурони, хас гьабун щиб гьениб хисизабизе бугебали лъицаниги бицунеб гьечӏилан.\nГьезул цо-цоял гьадинал ругин бицана Хизри Шихсагӏидовас.\nМасала, РФялъул президентлъиялде кандидатура лъезе бегьулила Россиялда 25 соналъниги гӏумру гьабурав чияс. Гьанжелъагӏан 10 сон гӏолеб букӏана гьелъие. Гьединго Конституциялъул судиязул къадар дагьлъулеб буго 11 чиясде щвезегӏан (19 судияв вуго гьабсагӏаталда).\nПачалихъиял хъулухъчагӏазул кӏиго гражданство букӏинеги, къватӏиб пачалихъалда гӏарац цӏунизе яги мина-карт босизе бегьуларин абураб гьукъа-къаялъул бицунеб бакӏги буго гьениб. Гьебги цӏакъ лъикӏаб рахъ бугин абуна Шихсагӏидовас.\nГӏаммаб куцалда абуни, гьесул пикруялда, гьел хиса-басиял рухьарал руго халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялда.\nХӏалтӏухъ бищун гӏодобегӏанаб къадаралда кьолеб мухьгун социалиял пенсиял цӏикӏкӏинариги Конституциялъ хӏисабалде росулел ругин, гьел рахъал тӏурачӏони, пачалихъалъул аслияб документ, Конституциялъул низам хвезабилъун рикӏкӏине бугин кӏалъана спикер.\nХадубго гьес рехсана эбелалъул капитал цӏикӏкӏинабулеб букӏин, класс бачарав мугӏалимасе харжалда тӏадеги кьезехъин бугеб 5000 гъурщил (нилъер республикаялда гьеб щвезе рагӏула 25000-гӏан мугӏалимасе).\nВице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовасги тасдикъ гьабуна гьебго пикру. Гьединго тӏаде жубана гьанжеялдаса хадуб Конституциялда тасдикъ гьабулеб бугила халкъазда гьоркьосеб ихтияралда тӏад миллияб ихтияралъул бугеб тӏокӏлъи.\n«Гьелдаса пайда босизе буго нилъер миллиял мурадал хвезарулеб мехалда. Халкъазда гьоркьосеб ихтияралъул даражаги гӏезегӏан кӏудияб гьечӏищха. Букӏаниги, нилъеда гӏемер бихьулеб буго къватӏир пачалихъаздаса нилъер партнераз халкъазда гьоркьосел ихтияралги хвезарулел рукӏин. Гьединлъидал гьадаб хиса-баси Конституциялъулъ гьабуни, нилъер пачалихъалъ щиб гьабизе кколебали малъарулел чагӏи рукӏинарилан», — абуна Сайгидахӏмад Ахӏмадовас.\nГьесго тӏаде жубана гьел хиса-басиязул магӏнаги бичӏчӏун халкъалъ, гьаб нухалдаги президентлъун вачӏине ракӏалде ккани, Путинил рахъкквезе букӏиналде хьул бугила жиндир. Гьаб заманалда Россиялъе къваригӏарав, улка цебехун бачине бажарулев чи гӏицӏго гьев гурони гьечӏила.\nХалкъияб Собраниялда «Справедливая Россия» фракциялъул нухмалъулев Камил Давдиевасги загьир гьабуна гьебго пикру.\nАмма вице-спикер ва КПРФялъул фракциялъул нухмалъулев Махӏмуд Махӏмудовас абуна Конституциялда хиса-басиял гьаризе церего хӏажат рукӏанила, гьабсагӏаталда гӏадин хъата-масан гуроанилаха.\nГьес ракӏалде щвезабуна 1993 соналда цӏияб Конституция къабул гьабулелъул халкъалъул букӏараб разилъи гьечӏолъи. Щайин абуни, гьелде щвезегӏан букӏараб 1977 соналда тасдикъ гьабураб Конституция гӏемерго лъикӏаб букӏанила инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ. Амма цебесеб тӏалъиялъ Москваялда гьерсал рицанила дагъистаниязул 70 проценталъ цӏияб Конституциялъул рахъ ккунилан.\nУнго-унголъунги улка цӏи гьабиялде ишан босулеб бугони, тӏуранго хисизаризе кколин аслиял рахъал — финансазулгун экономикияб ва социалияб рахъалъ гӏадамал хьезариян рикӏкӏунеб буго Махӏмудовас.\nУлкаялъул КПРФялъ кьурал малъичӏого, гӏицӏго нилъер республикаялдаса коммунистияб партиялъ микьго пикру битӏун букӏун буго Москваялде. Амма гьезул цонигияб хӏисабалде босун гьечӏо.\nГьедин коммунистазда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан пачалихъалъул тӏабигӏиял бечелъабазул бетӏергьабилъун халкъ букӏине ккей ва ракьулъа магӏданал рахъун щолеб хайиралъул бутӏа гӏадатиял гӏадамазеги щвей.\nГолландиялдагун Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазда гьедин букӏунин абуна Махӏмудовас.\nСанайилго улкаялда 23 трлн гъурщиде сырьё бичараб мехалда, 8 трлн гурони бюджеталде бачӏунеб гьечӏила.\nПенсиялде унел бихьиназул ригь 60, руччабазул – 55 сон букӏине ккелиланги абулеб буго коммунистаз.\nЖКХялъул хъулухъазухъ гӏадамаз кьолеб гӏарац хъизаналъе щолеб хайиралъул 10 проценталдаса цӏикӏкӏине бегьилариланги абулеб буго гьез.\nХадусеб суал буго Россиялъул Банк пачалихъалъухъ букӏине ккеялъулъ. Махӏмудовас абухъе, гӏемер хабар буго гьелда сверухъ, амма улкаялъул экономикаялъе асар гьабулеб аслияб бакӏ лъихъ бугебали жаваб кьолев чи гьечӏо.\nГьединго Конституциялъул пунктал тӏураялъе гарантиялги рихьизаризе ккелин абуна Махӏмуд Махӏмудовас. Масала, рищиязул бицунеб бугила жинца. Гӏадамал рищиязда гӏахьаллъичӏониги, мандаталги щолел ругила.\nПалхӏасил, Хизри Шихсагӏидов гьесда тӏад рекъечӏо. Докторский колбасаялдаги цогидалдаги хадур иргаялда гӏадамал чӏолел рукӏарал 80-90-абилел соназде ахӏулел ругила КПРФялъул вакилас халкъин абуна.\nГьал бицен гьабулел хиса-басиял абуни, пачалихъ щулалъиялъе гьарулел ругила. Гьел сабаблъун тӏалъиялда хутӏизе президентасе бокьун бугин кколеб батани, гьелъие цогидаб рес букӏанин гьесулин бицана парламенталъул спикерас."}
{"slug": "7532-yurij-chajka-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7532-yurij-chajka-dag-istanalda", "title": "Юрий Чайка — Дагъистаналда", "date": "2020-03-16 07:28:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда республикаялде вачӏун вукӏана Россиялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайка. Дагъистаналъул хӏукуматалъул минаялъув гьев дандчӏвана республикаялъул жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулелгун.\nПрезидентасул вакиласе лъазе бокьун букӏана Дагъистаналда ругел жамгӏиял гӏуцӏабазул хӏалтӏи кин унеб бугебали, цӏех-рех гьабуна республикаялда бугеб политикиябгун экономикияб ва жамгӏияб ахӏвал-хӏалалъул, Россиялда кколел ругел политикиял лъугьа-бахъиназда тӏасан дагъистаниязул бугеб пикруялъул.\nДанделъиялда гӏахьаллъарал республикаялъул жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулел Елена Павлюченкоца, Интизар Мамутаевалъ, Зикрула Ильясовас, Гӏайшат Хӏамзаевалъ ва Мустӏапа Билаловас загьир гьаруна республикаялда ва улкаялда кколел ругел хиса-басиязда тӏасан жидерго пикраби.\nЮрий Чайкада церелъуна Дагъистаналъул жамгӏияталда, ай Халкъияб Собраниялъул, бакӏалъулал муниципалиял гӏуцӏабазул депутатазда, хъулухъчагӏазда гьоркьор руччабазул къадар дагьаб букӏиналъул, инвалидазе гьабулеб гӏей гьечӏеб кумекалъул, Дагъистаналда жамгӏият цебетӏеялъул хасаб программа гӏуцӏизе ккеялъул, бакӏалъулал кадраби тӏаса рищиялде, гьел хӏалтӏуде тӏамиялде кӏвар кьезе ккеялъул суалал.\nДандчӏваялда хасаб пикру буссинабуна Дагъистаналъул мацӏазул бугеб лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏалалдеги. Хъизамалдасан, лъималазул ахаздасан байбихьун, школазде щвезегӏан гьеб кӏвар цӏикӏкӏараб суалалде тӏаса-масагояб бербалагьи гьабулеб букӏиналъулги бицана гьениб.\nПрезидентасул вакилас бицана цебеги республикаялъулгун жиндирго букӏараб бухьеналъул хӏакъалъулъ. Ва гьес рагӏиги кьуна, цере лъурал суалазухъ рагӏа-ракьанде щун халги гьабун, гьел тӏураялде кӏвар буссинабизе."}
{"slug": "7535-fondal-ul-vakill-i-ragize-bugo-turtsiyaldagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7535-fondal-ul-vakill-i-ragize-bugo-turtsiyaldagi", "title": "Фондалъул вакиллъи рагьизе буго Турциялдаги", "date": "2020-03-16 07:35:31", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "10 марталда Махӏачхъалаялда бугеб Северияб Кавказалъул гуманитарияб колледжалде ракӏарун рукӏана халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул вакилзабигун жамгӏиял хӏаракатчагӏи.\nГьениб бицана гъоркьиса Шамилил фондалъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазулги исана цере чӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ.\nГьеб тадбир тӏобитӏизе гуманитарияб колледж тӏаса бищиялъе гӏилла ккола гъоркьиса гьелъие кӏудияв Имамасул цӏар кьей. Республикаялда ругел цӏалул идарабазда гьоркьоб цохӏо гьелъие гурони жеги Шамилил цӏар кьун гьечӏо.\nГьабураб хӏалтӏул бицунаго, фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас абуна гъоркьиса Тулаялда, Калугаялда ва Москваялда Шамилил фондалъул филиалал рагьанилан. Гьединабго филиал Турциялда рагьизеги кинабго хӏадурун бугин кӏалъана гьев.\nГьединго филиал букӏине рагӏула Украинаялдаги.\nГӏун бачӏунеб гӏелгун рикӏкӏен гӏемерал дандчӏваял тӏоритӏизе щвеялдасаги разиго вуго Гӏ. Хархачаев. Дагъистаналда ислам щула гьабизе ва хадусел наслабазе гьеб бацӏцӏадго цӏунизе лъица гъазаваталъе гъуждул гурун рукӏаралали кӏочон тезе бегьуларин гӏун бачӏунеб гӏелалдаян абуна гьес."}
{"slug": "7536-deputataz-rakh-kkvela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7536-deputataz-rakh-kkvela", "title": "Депутатаз рахъ кквела", "date": "2020-03-16 07:45:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "2021 соналдаса нахъе отпускалъухъ, больничниялъухъ ва декреталъухъ гӏарац кьезе буго Социалияб страхованиялъул фондалъ. Гьедин хъвалеб буго РФялъул Захӏматалъул министерствоялда хӏадурулеб бугеб законалъул проекталда.\nЗаконалда хиса-басиял гьариялъул аслияб мурад буго щивав чиясе страховияб гӏарац кьей ва гӏадамазе гьабулеб хъулухъ камил гьаби. Гьел хиса-басиязул рахъкквезе хӏадурго руго Пачалихъияб Думаялъул гӏемерисел депутаталги.\nЦӏияб законалъул пайда букӏине буго хӏалтӏи кьолезеги: гьез ургъел гьабизе ккеларо гьединал ишазе гӏарац тӏокӏлъизабизе ккеялъул ва щивав хӏалтӏухъанасулги ракӏчӏараб букӏина унтаниги, лъимер гьабуниги, яги отпускалде аниги, Социалияб страхованиялъул фондалдаса букӏине кколеб роценалда гӏарац щвеялда.\n«Гьабсагӏаталда гӏадамал хӏинкъулел руго больничнияб тӏамач босизе яги декреталъулаб отпускалде ине. Гьелъие гӏиллаги ккола хӏалтӏи кьолесулгун дагӏба ккезе бегьулеблъи. Цӏияб законалъ хисизабизе буго гьединаб хӏал», — ан баян кьуна «Единая Россия» партиялъул депутат Андрей Гӏисаевас."}
{"slug": "7538-kiigo-avaragasul-nural-k-al-arab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7538-kiigo-avaragasul-nural-k-al-arab", "title": "Кӏиго аварагасул нуралъ къалъараб…", "date": "2020-03-16 08:00:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏиса аварагасул цӏаралда балеб бугеб рухӏиябгун лъай кьеялъул комплексалда (мазкар) 10 марталда гвай бана Гъуниб районалъул Гьонода росдал жамагӏаталъги. Щибаб районалъул росдае цо-цо къо бихьизабун буго гьениб хӏалтӏизе.\nМадинатул Наби — нур бараб шагьар\nХӏалтӏул къо букӏиналъухъ балагьичӏого, рачӏун рукӏана гьенире гӏадамал. Кӏиабизе, лъабабизе рачӏаралги рукӏана. Хӏакъикъаталдаги кумек къваригӏараб хӏал буго гьениб. 30000 квадратияб метралъул кӏодолъиялда балеб гьеб мажгиталъул проект ккола Мадинаялда, салат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул цӏаралда бугеб мажгиталъулго гӏадинаб.\n«Мадинаялдаго гӏадин, гьалъулги букӏине буго хирияв аварагасул равзаялда тӏасанго гӏадаб гӏурччинаб къуба», — ян бицана рухӏияб централъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Ахӏмад Хӏабибовас.\nГьениб букӏине буго салат-салам лъеяв аварагасул асарал жанир цӏунулеб рукъги. Мажгиталде жанибе лъезе буго кинабниги 23 рагьу. Жанире-къватӏире хьвадулел гӏадамазе хӏалкъай букӏунареб куцги хӏисабалде босун буго архитектораз.\nКакичурулел рукъзалги ракьулъ жанир гьаризе ругин бицана Ахӏмадица. Гӏаммаб куцалда, 20 000 чи жаниве гьунеб мажгит букӏина гьеб.\nГӏурччинаб сверухълъиялъ\nбацараб мазкар\nГьанжего цебе чӏолеб бугин мажгит рагьараб къоялъ гьаниб букӏинесеб суратилан ругоан гвавулъе рачӏарал гӏадамал.\n20000 чиясда гьоркьоса гӏемерисезухъ машинаги букӏунелъул, гьел лъезе бакӏ балагьулаго щиб къодай бихьила бетӏергьабаздаян абулелги рукӏана.\nГьеб рахъги цебего хӏисабалде босараб къагӏида — 5000 машина лъезе бакӏ къачӏалеб буго гьениб. Мажгиталда сверухълъи гӏурччинлъиялъ цӏезабизе ракӏалда буго. Гьединго аскӏобго балеб буго муфтияталъе цӏияб минаги.\n«Халкъияб аллея» абун цӏарги лъун, батӏи-батӏиял гъутӏбуз берцин гьабун, къачӏазе буго мажгиталде рачӏунеб нух.\n«Рухӏияб центр балеб буго, аслияб куцалда, халкъалъ садакъаде кьураб гӏарцухъ. Гӏемерав чияс харж гьабуна гьанибе жиндирго боцӏи. Гьабсагӏатги гьабулеб буго. Гӏарац кьезе бокьарав чиясе кидаго рагьараб кассаги буго, хӏалтӏулеб бухгалтерияги буго. Узухъда, гьабизе хӏалтӏи жеги гӏемер буго. Гьанжего-гьанже къадал эхетиялъул иш рагӏалде бахъанин абизе бегьула. Жеги цебе буго буго тӏохалъул ва жанир хӏалтӏаби гьариялъул иш. 2025 соналде, киналго хӏалтӏаби рагӏалде рахъун, рухӏияб центр хӏалтӏизе биччазе ракӏалда буго, ИншаАллагь», — ан бицана Ахӏмадица.\nИсламалъулъ буго хвасарлъи\nГӏун бачӏунеб гӏелалда рухӏияб центр балеб куц бихьизе гьенире экскурсиялъ рачӏунел руго школазул цӏалдохъабиги. Советияб заманалда атеизмалъул идеологиялъул асаралда гъоркь куцалеб букӏана гӏолеб гӏел. Жакъайин абуни, Аллагьасе рецц, Аллагьасул нухда куцазе рес кьун буго. Гьелъ лъикӏал хӏасилалги кьолел руго. Мадрасабазде хьвадулел лъималазул кьерал цӏилъулел руго соналдаса соналде. Бацӏцӏадаб исламалъулъ бугин нилъее хвасарлъийин абулеб буго гӏалимзабазги, имамзабазги, гӏумру бихьарал гӏакъилал харабазги. Терроралъулгун лъугӏел гьечӏел КТОязул дандерижиялъул бакӏалда, будунасул роцӏараб гьаркьица чӏаголъизаризе къваригӏун руго чӏунтун ругел гӏадамазул ракӏал."}
{"slug": "7541-rag-ulav-ljotchik-opolchentsazul-tsevekh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7541-rag-ulav-ljotchik-opolchentsazul-tsevekh-an", "title": "Рагъулав лётчик — ополченцазул цевехъан", "date": "2020-03-16 10:29:20", "categories": ["insan"], "text": "Гъуниб районалъул Салтӏаса Ибрагьим Ибрагьимов ккола рагъулав летчик-истребитель. Гӏаммаб куцалда гьес гьаваялда бан буго 2500 сагӏат. Гьабсагӏаталда Россиялда летчикас лъагӏалида жаниб гьаваялда 15 сагӏат бани, кӏиго лъагӏалица хъулухъ гьабураблъун рикӏкӏуна. Гьелъул хӏисаб гьабуни, Ибрагьимил хъулухъалъул стаж бащалъула 200 соналда.\nАмма Ибрагьимилгун нижер гара-чӏвари ккеялъе гӏилла гьеб гуро. Ополченцазул суал буго. Гьанже гӏемер бицунеб «Интербригада» гӏуцӏана Ибрагьимица. Гьел ополченцазул сияхӏ дандбалеб комиссиялда гъорлъе гьев ахӏизейин абуни лъиданиги ракӏалде ккун гьечӏо. Тӏадежоялъе, 1995 соналдаса нахъе офицерзабазул жамгӏияб союзалъеги нухмалъи гьабулеб буго Ибрагьим Ибрагьимовас.\nГьесулгун буго нижер гара-чӏвари.\n— «Интербригада» гӏуцӏана дирги цеве вукӏарав Махӏачхъалаялъул мэрасулги квербакъиялдалъун. Дун ккола 1995 соналда республикаялда тасдикъ гьабураб офицерзабазул жамгӏияб союзалъул нухмалъулевги. Гьеб соналда дица нухмалъи гьабулаан «Энергосбыталда» хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабулеб хъулухъалъеги. Бащдаб лъагӏалидасан тӏамуна цойги хъулухъалде – Махӏачхъалаялъул «Энергосбыталъул» начальникасул заместительлъун. Дагьалъ чӏун ана цойги хӏалтӏуде – «Дагъэнергоялъул» хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабулеб хъулухъалде. Ток бикъиялда дандечӏезелъун гӏуцӏун букӏана гьеб. ГЭСаз хӏадур гьабураб тӏолабго токалъул 18-22 проценталдаса гурони пайда босулароан доб мехалда нилъер гьаниб. Дагъистаналъул энергосистемаялда гьоркьобе унаан республикаялъул батӏи-батӏиял мухъазда гӏуцӏараб кӏудияб щуго предприятие. Хӏажат букӏана кколеб куцалда гьел хӏалтӏизаризе. Гӏемер заманго иналде кӏвана гьедин гьабизеги – 18-22 гуреб, нусго проценталъ токалдаса пайда босулеб ва гьелде щвезегӏан анцӏгониги соналъ церего рукӏарал налъаби рецӏизегицин кӏолеб хӏал лъугьана. Гьелдалъун нилъер энергосистема Россиялдаго бищун лъикӏазда гьоркьоб рехсезе лъугьана.\n— Сундулго иш лъугӏарал 1990-абилел соназда кин гьеб беццилеб хӏалалда букӏун батулеб?\n— Гьеб мехалда нижеца хӏалицаго ахӏвал-хӏал роцӏинабун букӏана. Гьеб «иш лъугӏараб» заман абуни тӏаде щвана 2000-абилел соназул байбихьуда. Чубайсил реформабаз рикьа-къотӏун, тӏатӏала ккезаруна киналго субъектазул магӏишатал.\nТӏадежоялъе, Чачаналда унеб рагъулги букӏана хӏинкъи – ГЭСазда бокьараб диверсия гьабизе бегьулаанха. Гьединал хӏалбихьиял чанги рихьана нижеда. Гьединлъидал Москваялъ цӏакъ хадуб халкквей чӏезабун букӏана гьаниб, ГЭСал цӏунизе цогидал регионаздаса ОМОНги битӏун.\nГьединго 1999 соналда Цӏияб Лакалда рагъ байбихьидал, кӏиго анкьалъ кодоб ярагъги ккун цӏунана нижеца гьенир аскӏоса гӏебеде ругел энергообъектал. Гьеб мехалда нижеда цадахъ вукӏана РФялъул Пачалихъияб Думаялдаса бачӏараб экспертазул къокъаялъул бетӏер – генерал-майор ва СССРалъул Бахӏарчи Александр Солуяновги. Доб мехалда гьес ЮФОялда рагъулел аскаразе нухмалъи гьабурав командующий Геннадий Казанцевасухъе телги битӏун, ярагъги тӏадеги хъаравуллъиги бачӏинабун букӏана энергообъектал цӏунизе.\n— Гьедин гӏуцӏараб къокъайищ нужеца букӏараб «Интербригада»?\n— Гьедин ккана гьелъул иш. Цо сордоялъ Агъвалисан кӏалъана дихъе щалали лъаларел гӏадамал ругин мугъзада раччарал жалгун, ярагъгун магӏардаса гъоркье лъугьун рачӏунел. Нижер гӏуцӏиялъул цо подстанция буго доба. Гьеб мехалда дун вукӏана экономикияб рахъалъ хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабулеб «Дагъэнергоялъул» хъулухъалъул нухмалъулев. Хъата-масан дица гьелъул хӏакъалъулъ генералияв директорасдаги, МВДялдагун ФСБялдаги лъазабуна. Хадуб доба рагъ-муч байбихьидал, гочинарурал гӏадамал ралъдал рагӏалда бугеб «Дагъэнергоялъул» базаялдаги чӏезарун рукӏана нижеца.\nПалхӏасил, гьеб заманалда Махӏачхъалаялъул мэрас ахӏана дун (республикаялъул офицерзабазул жамгӏияб союзалъул нухмалъулев хӏисабалда). Тӏаде къо ккун бугин гьанже, гьединлъидал киналго офицерзаби къватӏире рахъинаризе кколел ругин абуна гьес. Афгъаналъулаздаги абизе ккелила. Гьел киназдасанго гӏуцӏараб къокъаялъе нухмалъиги Шамил Аслановасда тӏад къазе бугин абуна гьес. Асланов вукӏана доб мехалда шагьаралъул администрациялда ихтияразул бутӏаялъул нухмалъулевлъун.\nЦинги гьеб суал офицерзабазда дандбазе дун нижерго офисалде «Кавказ» гостиницаялде ана. Иш гьеб бакӏалде ккезе биччанилан хӏакимзабазде рехулел чӏоралги камичӏо цо-цо офицерзабазул. Гьанже гьел жалго ритӏизе ккелин доре Болъихъеян абулеб букӏана гьез. Амма нилъерго умумузул ракьги цӏунун, хадурккунги гьанир чӏезе нилъеда ракӏалда батани, гьеб хабар бицун пайда гьечӏилан абураб хӏукмуялде рачӏана ахирги. Офицерал гурелги, хӏукуматалъулгун тахшагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, МВДялъулгун ФСБялъул хӏалтӏухъабиги рукӏана гьенир данделъун. Цӏакъ ракӏрагьарал кӏалъаялги гьаруна гӏемерисез. Гьеб кинабго камераялдеги бахъун букӏана республикаялъул телевидениялдасан бихьизабизеян. Амма, щаяли, къватӏибе кьечӏо.\n— Дида бичӏчӏухъе, ополченцал хӏисабалда нуж Болъихъеги щвана, рагъги бихьана… Гьанже статус чӏезабизелъун ДРялъул хӏукуматалде парламенталъ битӏараб ополченцазул сияхӏалда гъорлъ ругищха мунги дуда релълъаралги? Щайгурелъул цогидазулги гӏемер гӏарзал руго гьелда тӏасан.\n— Битӏараб бицани, дун гӏарзал рахъулев чи гуро. Дида гьеб сияхӏги бихьичӏо. Гьединлъидал лъаларо, дун гьениве восун вугищ-гьечӏищали.\nАмма гӏажаиблъизавуна гьеб сияхӏ гӏуцӏулеб мехалда «Интербригадаялъе» кьучӏ лъурав офицерзабазул жамгӏияб союзалъул нухмалъулев хӏисабалданиги хасаб комиссиялда гъорлъе дун вачинчӏолъиялъ.\nДирги дида релълъаразулги бакӏалда абуни, аскӏобе гӏагарунцин рагъ бихьичӏел гӏадамал ругоан комиссиялда. Гьезда щиб лъалеб доб мехалда гьел лъугьа-бахъиназда сверухъ букӏараб ахӏвал-хӏалги гьенир гӏахьаллъарал гӏадамалги?\nГьезул гӏемерисел руго цӏар-рецц бокьуларел гӏадамал. Жидее шапакъатал кьеян цере кӏанцӏуларелъул гьел. Масала, гьезул цояв ккола Болъихъ энергосбыталъул нухмалъулев Гӏумаров, нижер системаялде вачӏарав хӏалтӏухъан. Рагъ лъугӏун хадуб кьолеб букӏараб Бихьинчилъиялъул орден босизе инчӏо гьев, гьедигӏан кутакаб жо щиб жинца ополчениялда гьабурабиланги абун.\nЦӏияб Лакалда рукӏаго Солуяновасги абулеб букӏана дида Бихьинчилъиялъул орден дуеги кьелилан. Амма цӏакъго тӏасан ккезехъин бугилан, дица инкар гьабуна. Гьенивго дида цадахъ вац Хӏажиги вукӏана. Кин букӏаниги, нижее кӏиязего кьуна «За службу на Кавказе» абураб каранда балеб гӏаламат. Гьединго руго шапакъатал цогидал гӏолохъабазе кьуралги."}
{"slug": "7542-belgiyal-ul-grazhdankagi-dag-istanal-ul-narkomanalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7542-belgiyal-ul-grazhdankagi-dag-istanal-ul-narkomanalgi", "title": "Бельгиялъул гражданкаги Дагъистаналъул наркоманалги", "date": "2020-03-16 10:42:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьанжегӏагар Махӏачхъалаялъул СИЗОялде щвана ДРялъул Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб жамгӏияб халкквеялъул комиссиялъул (ОНК) нухмалъулев Гӏумар Гӏумаров. Гьесда цадахъ вукӏана инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб официалияб вакиллъиялъул аппараталъул хӏалтӏухъан Руслан Сулеймановги.\nГьез гара-чӏвари гьабурал туснахъазул цо-цояз жамгӏиял хӏаракатчагӏазухъе кагътал рачӏун рукӏана жидее гӏолел-гӏоларел рахъазул бицун.\nМасала, мугъзал гьодалъе жагъаллъи бугев жив туснахъалъул больницаялде вачунев гьечӏилан гӏарз бахъана туснахъазул цояс.\nРишватчилъиялда данде къеркьеялда бан республикаялда байбихьараб компаниялъул заманалда туснахъ гьарурал хъулухъчагӏазда гьоркьове ккана гьев.\nЦин ДРялъул хӏукуматалъул минаялдаги хӏалтӏун, хадув Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министерствоялде тӏамун вуго. Гьенисан вачун жанив лъун вуго «Путь к сердцу» абураб НКОялъе 127 млн гъурущ биччаялъе квербакъун бугинги абун. Амма жинца нухмалъи гьабулеб отделалъул бухьенцин букӏинчӏин гӏарцул суалалдехунилан бицана гьес. Гьанже гьеб битӏарабищ-гьересийищали чӏезабизе анцӏго адвокатги ккун вукӏун вуго гьес.\nЖамгӏиял хӏаракатчагӏаздасан гьесие къваригӏараб кумек букӏана сахлъи щула гьабизе медучреждениялде витӏизави.\nРуччабазул камераялда гьезда ятана Бельгиялъул гражданка Аеза Хӏажиханова. Гӏодулаго бицана гьелъ жийго Махӏачхъалаялда махсараде ккураблъиялъул.\nЭбел татарай, эмен лезгияв рагӏула гьелъул. Кӏудияй гӏедал, Бельгиялдаса бахъарай ячӏун йигоан гьей эмен валагьизе. Жеги ватун гьечӏо. Гьелъие кумек гьабулеб букӏун буго Мурад абулев цо гӏолохъанчияс. Цинги гьевги рекӏее гӏун, Аезада ракӏалде ккола Бельгиялда бугеб тукенги бичун, Махӏачхъалаялде яхъине. Яхъуна. Гьаниб гьелъ босула — ралъдал рагӏалда – ункъо коттеджги, ресторанги, тукенги. Цо заманалда Мурадил хъизаналда махӏ чӏвала гьеб жоялъул. Лъилали телефонги меседил рахасги бикъун бугилан, жий жаний тӏамизе хӏаракат бахъанин Мурадил чӏужуялъилан гӏод-гӏодун йиччана Аеза.\nОНКялъул нухмалъулев Гӏумар Гӏумаровас рагӏи кьуна гьелъул цӏех-рех гьабизе.\nГӏезегӏан гӏолохъанал руччаби ругоан наркотиказе гӏоло туснахъ гьарурал. Цо-цоязул россалги ругоан мадугьалихъ камерабазда. Тӏаде балагьун берцинал, жидедаго хадуб хъулухъ гьабулел ясал рукӏана гьел. Гьез бицунеб жоги цого бугоан – россалгун цадахъ унеб мехалда полициялъ чӏухьбана гьезул чунтбузухъ, цинги «за соучастие» абун, жалги лъунила жанир (жидехъ наркотикал рукӏинчӏониги).\nГьединго терроризмалда хурхарал статьябазда рекъон жанир тӏамуралги ругоан. Масала, Цӏунтӏа районалдаса Хӏабиб Хӏажиев. Гӏумру гьабун Комсомольское росулъ буго гьезул хъизан. Лъабго лъимерги чӏужуги йиго гьесул. Таксистлъун хӏалтӏулевги вукӏун вуго. Лъагӏелгун бащдаб заман рагӏула гьев туснахъ гьавун. Гьебщинаб мехалда жаниб цониги нухалда цӏех-рехалъул цогӏаги тадбирги гьабун гьечӏо.\nХӏабиб Хӏажиевас бицана чанго соналъ цебего полициялъ жинда тӏаде босизабулеб букӏанила жиндихъ граната батанин абураб гӏайиб. Амма жив мукӏурлъичӏила. Гьанже гьеб жо бецӏулел ругила дол.\nЦойги йиго гьений Болъихъ районалдаса гӏолохъанчӏужу, Египеталда вугев дурцасул карточкаялде гӏарац битӏунилан туснахъ гьаюрай.\n«Дида лъаларо щиб ккарабали, амма нижер дурц цӏех-рехалда вукӏинчӏо, гьукъараб рагъдаги гьев гӏахьаллъичӏо. Гьес чанго карточкаялъул номер битӏун бачӏун букӏана гӏарац рехизе бегьулеб. Гьезул цонигиялъул бетӏергьан вукӏун ватилаха хасал хъулухъаз хадуб хал ккурав», — илан бицана гьей гӏолохъанчӏужуялъ.\nТуснахъазе чӏезарурал шартӏазул хал гьабулелъул, богорокъор дагьа-макъалго гӏунгутӏаби ратана ОНКялъул нухмалъулесда. Гьев вачӏараб заманалда хӏалтӏулел ратичӏо белъараб гьанал кескал цӏалел электронниял цӏадираби. Цереккунго гъулбасал лъун ратана туснахъазе хӏадурараб кванил хӏалбихьун хадуб хъвай-хъвагӏай гьабизе кколеб журналалдаги.\nГьединго жалго туснахъазул цояз абулеб букӏана жидее цӏарагӏ ва чӏабар чурулел жал хӏажат ругиланги. Дербенталдаса цо гӏолохъанав наркоманас гьарулел рукӏана художествиял тӏахьал."}
{"slug": "7543-khiazhizabazegi-nukh-k-ana-koronavirusal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7543-khiazhizabazegi-nukh-k-ana-koronavirusal", "title": "Хӏажизабазеги нух къана коронавирусалъ", "date": "2020-03-16 10:50:39", "categories": ["history"], "text": "Арал гӏодоркъоязда «Ютэйр» авиакомпаниялъ Сагӏудиязул Гӏарабиялде гьабулеб букӏараб роржен гьоркьоб къотӏизабуна. Гьелда рекӏун рукӏана гӏумраялде унев вукӏарав 250 хӏажичи.\nХӏажизаби нуха регӏулеб «Марва-Тур» компаниялъул нухмалъулев Булат Къурбановас бицана Сагӏудиязул Гӏарабиялъ кӏиго батӏияб виза кьолин — туристазе ва гӏумра гьабулезе. Туристазул виза щолеб буго дунялалъул 49 пачалихъалъе, гьезул бащдазе Сагӏудиязул Гӏарабиялде сапар гьабизе гьукъун буго, амма Россия гьукъаразда гъорлъ гьечӏо.\nГьеб сияхӏалда гьечӏониги, гӏумра гьабизе россиялъулазеги рес гьечӏо, щайгурелъул коронавирус бахинаредухъ, гьитӏинаб хӏеж гьаби гьабсагӏат гьоркьоб къотӏизабун буго киналго пачалихъазе. Гӏумра гьабизе бегьула лъагӏалида жаниб бокьараб мехалда.\nБулат Къурбановас бицухъе, рорженал къотӏизарилалде цебе, «Ютэйр» компаниялъ щибаб кӏиго анкьида жаниб 250 чиги вачун гьарулаан сапарал.\n8 марталда Махӏачхъалаялде нахъруссана республикаялдаса хирияб ракьалде сапар бухьун букӏарал хӏажизаби. Гьебго самолеталда Сагӏудиязул Гӏарабиялде ине кколеб букӏараб къокъаги гьенибе битӏичӏо."}
{"slug": "7544-tso-kotsonir-kabun-kinalgo-kiutibi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7544-tso-kotsonir-kabun-kinalgo-kiutibi", "title": "Цо коцонир кьабун киналго кӏутӏби…", "date": "2020-03-16 10:56:05", "categories": ["insan"], "text": "Гӏаданги дунялги хисулел руго хадур гъолареб хӏалалъин абула нилъеца. Абулаго гьеб чваххиялъ нилъгоги хъамулел ратула. Гӏажаиблъула тӏорщалил магь баччун уней чӏужугӏадан йихьидал, гьоцӏиб тӏамулеб лал жеги бугин рагӏидал, лъилниги рокъоб цӏунун некӏсияб цагъур батидал. Шагьаралдаса магӏарухъе гочун бараб 12 соналда жаниб, хӏалтӏул къваригӏелалъ цо-цо гӏедегӏун ячӏун къасиялде нахъюссуней дида гьаб шагьаралъул гӏумру бихьунго букӏун гьечӏо. Кӏудияб хӏикматлъун къабул гьабула, магӏарулазе гӏадатияблъун букӏараб ретӏа-къаялъул чи шагьаралда дандчӏвани, бахиллъула рокъоб рахьдал мацӏ бицунел лъималазда, чӏухӏула болмацӏалъ кӏалъалел гӏолилаздаса. Амма лъиего гӏажаиблъи гуро цӏвакараб нодоялъул, рукӏкӏалаби хъвачӏеб гьумералъул гӏуцӏа-кӏутӏарай кӏодоэбел, кӏутӏбузул риццалъиялъ гьурмал сипат хисарал ясал.\nНилъго берцин рихьизе бокьиялъ гӏорхъолъа рорчӏулел гьечӏищ руччаби? Соназул сиялъ толел лъалкӏал-рукӏкӏалаби, Аллагьас бижараб куц-мухъ хисизаби, бусурбанай чӏужугӏаданалъ гӏадатияб жолъун къабул гьабизе кин гьеб бегьулеб?! Сунца тӏамулел ругел ригьдаса унел руччаби балагьизе ракӏкъараб хӏалалъ жидер кӏутӏби, кӏаркьаби понцӏозаризе. Щиб гьезие гьелдалъун бокьараб?\nГьел суалалги рехсон «ботоксалъул эпохаялда» дагьалго жанире раккизин. Россиялда ботокс хӏалтӏизабизе байбихьун къогогӏан сон буго. Байбихьуда соназ толел лъалкӏал — рукӏкӏалаби рацӏцӏунел рукӏана гьурмадаса актераз, кочӏохъабаз.\nМадина — тохтур: «Лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъ гьабулаан цебе дицаго ботокс кӏутӏбузда сверухъ, нодоялда. Гьумер цӏвакизабизе бокьиялъ хъалалъе биччалеб жоялъул черхалъе бугеб заралалъул, сахлъиялъе бугеб хӏинкъиялъул пикру гьабулароан. Америкаялдаса бачӏараб жо загьруги дарулъун бихьулелъул нилъеда.\nГӏолохъанго йихьизе бокьи — гьеб щияй чӏужугӏаданалъун анищ батила. Бигьаго гьедин берцинлъизе бугеб ресалдаса пайда босичӏого телищха. Гӏемер лъикӏаб бицинчӏого разилъула руччаби гьелде. Гьелдаго цадахъ буго хъантӏиги, гьел операциял, процедураби гьарун щолеб хайир кӏудияб буго. Гьумер-черх гӏолохъанлъизабулел гӏемер къагӏидаби руго нилъер заманаялъ.\nРелъулеб, гӏодулеб, рохел ва пашманлъи гьурмада загьирлъулеб асар лъугӏизабулеб буго рукӏкӏалаби ритӏизаризе гьаналъе риччарал жалаз. Берцинлъизеян гьабураб гьелъул гӏаксалда ккеялъул мисалалги цӏакъ гӏемерал руго. Жиндир заманалда чӏезе лъалеб гьечӏо, жеги цӏикӏкӏун гьабулеб буго. Цебе лъагӏалида жаниб цо-кӏиго нухалъ гьабун гӏолаан. Гьанже лъабго моцӏидасан гьабизе кколеб буго. Щибаб цӏияб жого гӏадин, ботоксалъул ва гьелдаго релълъарал препаратазул даража гӏодобегӏанлъулеб, хвезабулеб буго. Дир махщелцояз бицуна руччабазе пластикаялъул операциял гьариялъулъ лъабабилеб бакӏ кколеб бугин кӏутӏби чӏахӏа гьариялъ. Тӏоцебесеб ва кӏиабилеб гьаниб бицине цӏакъго намусал руго. Африкаялъул чӏегӏераб тӏом бугел руччабазда релълъинарулел руго жалго, кӏутӏби гурелги лугбалгицин хисизарун».\nГӏайшат — маданияталъул хӏаракатчӏужу: «Гьалмагъалъул васасул берталъ йихьана цеего лъалей йикӏарай кочӏохъан. Битӏараб бицани, дида гьей лъачӏо гьаркьидаса гурони, лъалеб хӏалги хутӏун гьечӏоан сипаталъул. Цее гьей йикӏана узданай, магӏарулай йикӏин лъалеб хаслъиялъул яс. «Жиндирго талихӏкъин буго пакъиралъул», — ин угьун биччана дида аскӏой гӏодой чӏарай цӏикӏкӏарай гӏаданалъ. «Кочӏохъабаз гуребги гьабуларого батиларо гьеб «ремонт» батӏаго. Хӏижаб тӏад къаразулги чанги бихьанагури гьаниб гьедин къачӏалаго хвезабураб куц-мухъ». Гьел гӏемерлъиялда гурищха гӏажаиблъиго гӏолеб бугеб. Нухлул низамги хвезабун, хъамун машинагун хьолбохъан гьел индал, хьамиялъул калам борчӏулеб рагӏана бихьиназул кӏалдиса».\nСалихӏ — таксист: «Руччаби рулалда нахъа рукӏиналъ бугебщинаб квалквал нухазда, кӏутӏбиги понцӏорал, бетӏерги гьодорал. Жинде бихьинчиясул балагьи буссине гьабулеб жоха, бихьиналгойищ гьазул рокъор гьечӏелали лъаларо. Гӏажаиблъи, берцингӏаги киндай бихьулеб гьезда, дирни ракӏ багъарула маймалакалъул нахъаса рахъ гӏадаб куцалда».\nМухӏамадгӏали — гӏолохъанаб хъизаналъул бетӏер: «Гьединал ясазул рахъалъ бихьиназул лъикӏаб пикру букӏине рес гьечӏин ккола дидаго. Сурукъ бихьун гурони, жеги беццулеб рагӏичӏоха. Гьездаго релълъараб хьвада-чӏвадиялъул бихьиназе бокьулеб батизеги бегьула.. Сах-саламатав инсул ясалъ, магӏна бугев росасул чӏужуялъ гьеб гьабиларо. Чӏужугӏаданалъул тӏадагьлъи, гӏакълуялъул мукъсанлъи, рокъосел бихьиназул къвакӏи гьечӏолъи тасдикъ гьабула гьединал хиса-басияз. Палхӏасил — гьезул рахъалъ бихьиназул пикру цӏакъго тату хвараб буго.\nДица гьединай яс ячинароан, ячунелги ричӏчӏуларо. Гьел ясалго гӏадал тӏадагьаб гӏакълуялъул улбузул васазда берцин бихьулеб батилаха гьеб мода».\nМайсарат — мугӏалим: «Битӏараб бицани, цояз цогидал цӏала гьеб нухде. Университеталда цадахъ цӏаларал ясалгун мех-мехалъ данделъула ниж. Аслияб къагӏидаялъ гьаб хабар букӏуна — лъица мегӏералъе операция гьабураб, кире ун кӏутӏби къачӏарал, щиб салоналда рукӏкӏалаби ритӏизарурал. Диде тӏаделъула нодо битӏизабулареб щай, мегӏер гьитӏин гьабулареб щаян. Гӏолохъаби гӏурал лъималазда цее кин дун йикӏиней куцги хисизабун, какие сужда чӏвалелъул Аллагьасдаса нечеларищ? Кигӏанго дие гьел гьалмагъзаби рокьулел ругониги, мех-мехалъ рекӏекълъула дандчӏваялде иналдаса. Гьез рикӏкӏунеб буго рицатал, чӏахӏиял кӏутӏби берцинлъиялъул гӏаламат бугин.\nГанчӏил гьабураб гӏадаб, рохел яги пашманлъиялъул асар тӏад загьирлъуларел дугъдарал гьурмал жидеегогӏаги кин рокьулел?»\nХадижат — исламалъул дарсал кьолей мугӏалим: «Исламалъ изну кьолеб буго чӏужугӏадан къачӏа-кӏатӏазе жиндирго росасда берцин йихьизелъун. Гьединго гьукъараб гьечӏо махӏрамиял бихьиназда цее, цохӏо руччаби ругеб бакӏалда гвангъараб ретӏел ретӏине, гьурмада релъен бахине.\nИсламалъ гьукъун буго сахлъиялъе зарал кколеб хӏалалъ жиндир лага, Аллагьас бижараб сипат хисизабизе. Чурун нахъе унареб релъен гьурмада гьаби, тӏомода тӏад сурат бахъи (татуировка), кӏутӏби рицалъизарулеб операция — гьел хӏарамал рукӏин лъала хӏакъикъиял бусурбабазда. Гьел руччабазул гӏемерисезда гӏорхъиго лъалеб гьечӏо. Дир хӏисабалда, гьезулъ лъугӏулеб буго магӏарул чӏухӏи, яхӏ-намус. Исламалъ кӏодогьаюрай чӏужугӏадан гьелъ жинцаго гӏодоегӏан, учузлъизаюлей йиго. Гьелда цадахъго учузлъулел руго гьелъул сверухълъиялда ругел бихьиналги .. Гӏадамазда цее сурукълъиялъул, Аллагьасда цее гӏодоегӏанлъиялъул гуребги, жиндир сахлъиялъе кколеб заралалъул пикруго гьабулеб гьечӏо гьелъ.\nШаргӏалъул нух ккурав бихьинчияс гьеб биччаларо, чӏужугӏаданалъги гьабиларо. Нилъер гӏадаталда, исламалда данде кколареб гӏамал гьаби бегьулеб жого гуро. Бетӏергьанас бижаралда гӏей гьабичӏолъи гьеб илбисалда цадахъги рилълъин, гьелъие бокьухъе рукӏин гурищ? Сахлъиялъе, чиясул гӏумру гьабиялъе захӏматаб сакъатлъи бугони гурони сипат, лугбал хисизаризе бегьуларо. Жеги росасе инчӏел ясазцин гьабулеб буго куц хисизе. Гьезул эбел кин ургъулей, эмен кинав?»\nМухӏамад — хирург: «Дармилаб къагӏидаялъ ботокс, ксеомин, диспорт абулел препаратал хӏисабалда рукӏкӏалаби ритӏизариялъе хӏалтӏизарулел жалазул хӏинкъи буго беразул, гӏадалнахул сахлъиялъе. Гьелдалъун тӏуранго бецлъиялъул ва инсульт ккеялъул хӏужаби рукӏин чӏезабулеб буго чанго улкаялъул сахлъи цӏуниялъул гӏалимзабаз. Гьумер, лугбал хисизариялъул иш гьабулеб буго хасаб лъай ва хӏалбихьи гьечӏел гӏадамаз, хас гьабун хӏадуричӏел щакал бакӏазда. Гьедин гьурмада гьабураб процедураялъ инсанасул сахлъиялъе сах гьабизе кӏолареб зарал, хӏатта хвеялъул хӏужабигицин кколел руго. Гӏадалнахуда ва инсанасул гьурмада гьоркьоб бухьен хвезабулеб буго. Гьелдалъун чиясул рохел — пашманлъи гьурмада загьирлъулеб гьечӏо. Гьединго сипат гьетӏун, хисун, цебеккун букӏинчӏеб сурукълъи лъугьунеб буго, хӏатта кваназе захӏмалъулеб буго.\nНилъер руччабазда дица абилаан: гӏемерал харжалги гьарун нужерго сахлъиялъе заралалъе хӏалтӏугеян».\nКаримат — кийниги хӏалтӏуларей ригь арай гӏадан: «Лъицаниги кьоларо дие 63 сон, бицаниги божуларо. Квен гьабулелъул рахьдал, бахчаялъул, пихъил нигӏматазул хутӏа-сутӏараб жо гьурмада, кверазда бахунеб букӏана дица кидаго. Мунагьал чураяй дир якьад йикӏана кутакалда берцинай гӏадан. Гьелъха дун рекӏеда ятизаюрай. Гӏумру шагьаралда аниги, жеги цониги салон абулеб жо дида бихьичӏо, пудра-кремалги дир рукӏинчӏо».\nАхиралдаги. Бащдаб гьумер цӏурал кӏутӏби гӏемерал рихьулел руго нилъеда интернеталда гуребги. Гьел руччаби-ясазул гӏумруго гӏазабалде сверула.. Гьеб мехалъги гӏайибияллъун тохтурзаби гьарула, жидерго гӏакълу гьечӏолъиялъе мукӏурлъуларо. Бетӏергьанас кьураб сипат берцинго цӏунани, сахлъиялъеги хӏинкъи букӏинаро, мунагьазукьеги ккеларо.\nГьуинаб хабарги бицун, квешлъиялде чи цӏаялъул кӏудияб мунагь буго, хъачӏго бугониги, ритӏухъаб, хӏарамалдаса цӏуниялъе рагӏи бицунесе даражаги буго. Тавбу гьабун квешалдаса руссине гӏакълу кьеги Аллагьас."}
{"slug": "7545-mugiruzda-rugin-abun-rekhun-teze-begilishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7545-mugiruzda-rugin-abun-rekhun-teze-begilishch", "title": "Мугӏрузда ругин абун рехун тезе бегьилищ?", "date": "2020-03-16 11:24:40", "categories": ["magiarukh"], "text": "Дагъистаналъул тӏолабго халкъалъул, хасго мугӏрузда ругел гӏадамазул киданиги букӏинчӏо бигьаяб гӏумру. Амма дица абила цогидазда бихьичӏебги бихьанин цӏунтӏадерил халкъалда. Гьединлъидал, 1930 соналда Цӏунтӏа район гӏуцӏи нижер умумуз къабул гьабуна гъираялда ва кӏудияб хьулгун. Амма гьеб рохелги халат бахъинчӏо.\n1944 соналда, пачалихъалъул тӏалъиялъул хӏукмуялда рекъон, чачаналги ингушалги хӏал гьабун гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде. Гьезул ракьалде, лъилго разилъиги цӏехечӏого, хӏал гьабун гочинаруразде гъорлъе ккана гӏемерал дагъистаниялги. Хасго нижер халкъалда аскӏоб пачалихъалъ бихьизабуна кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏеб вахӏшилъи — тӏагӏинабуна гӏуцӏун гӏемер заманго бачӏеб район, цо чи течӏого гочинабуна тӏолабго халкъ, щущазаруна росаби, чӏобоголъараб ракьги ккана гуржиязул кверщаликье. Ругьун гуреб, лъазего лъалареб бакӏалде гочинариялда, росаби риххизариялда цадахъго чӏунтана магӏарухъ букӏараб магӏишат, тӏубанго хисана рукӏа-рахъин, гӏумруялъул гӏуцӏи, пасат гьабуна тӏабигӏат. Чачаналдаги ккана гӏемераб ками, цӏакъго захӏмалъана цӏияб бакӏалда магӏишат гӏуцӏизе. Цинги, цӏидасан ЧИАССРги гӏуцӏун, гьенире тӏадруссине чачаназе ва ингушазе ихтияр кьун хадуб 1957 соналда нижер халкъ гьенисаги гочине ккана. Нахъеги байбихьана добго гӏакъуба, чӏобоголъараб ракьалда цӏидасан гӏуцӏизе ккана магӏишат. Дагь-дагьккун рухӏ лъуна гӏаммал магӏишатазда, къокъабго заманалда жаниб гӏи-цӏцӏаназул бетӏер 50 азаргоялдаса тӏадеги цӏикӏкӏана, 15 азаргоялде гӏагарлъана чӏегӏербоцӏул къадар.\nХадусел, пачалихъалда кӏудиял хиса-басиял ккарал соназда, кибго гӏадин, нижехъги кутакаб захӏмат бихьун гӏуцӏарал гӏаммал магӏишатазул буголъи гьородахъ биччана.\nЦӏунтӏа буго тӏабигӏиял шартӏазул рахъалъ бечедаб, амма гьебго заманалда пачалихъиял идарабаз кӏвар кьечӏого тараб район. Федералияб кумекалъулги цӏакъго мукъсанаб бутӏа гурони нижер рахъалде щоларо. Гьединлъидал гьадингоги захӏматал шартӏазда ругел, гӏемераб гӏакъуба бихьарал нижедехун гьединаб бербалагьи букӏин дида битӏараблъунги бихьуларо. Дагьалниги шартӏал чӏезаруни, цебетӏелаан район, лъикӏлъилаан гӏадамазул рукӏа-рахъин. Рачинин цо-цо мисалалги.\n— Район буго цогидаб пачалихъалъул гӏорхъода, амма гьечӏо гьеб хӏужа бихьизабулеб статус. Гьединаб статусалда рекъон районалъе рукӏине ккола хасал бигьалъаби.\n— Гьанир руго гӏорхъаби цӏунулезул заставаби. Амма гьел рукӏиналъ районалъе кьолеб жо гӏемер гьечӏо — гьенир цӏакъго дагь гурони гьечӏо нижер гӏолохъаби, киналго нигӏматал (цӏуладе гӏунтӏунги) гьенире рачӏуна цогидал регионаздаса.\n— Цӏунтӏа мухъалда къанагӏат гурони ратиларо гӏи-боцӏиги хьихьуларел, ах-хурги гьечӏел хъизамал. Амма цӏакъго захӏматаб масъалалъун лъугьун буго гӏезарурал нигӏматал ричиялъул суал. Бегьилаан гьел къабул гьарулел ва къачӏалел бакӏал рагьизе. Гьеб мехалда гӏадамазе хӏалтӏигӏаги букӏинаан, кинабгӏаги хӏажалъиги букӏинароан Липецкиялдаса сокалги, Таганрогалдаса ханалги, Волгоградалдаса картошкаги цӏунтӏадерил мугӏрузде баччизе."}
{"slug": "7546-zaryadkayalde-800-chi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7546-zaryadkayalde-800-chi", "title": "Зарядкаялде — 800 чи", "date": "2020-03-16 11:39:26", "categories": ["magiarukh"], "text": "«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталда рекъон, Унсоколо районалда тӏобитӏана гӏаммаб зарядка. Гьелда гӏахьаллъана районалъул администрациялъулги Шамилхъала поселокалъул лъай кьеялъул идарабазулги вакилзаби ва поселокалъул гӏолилал.\nАкциялъул гӏахьалчагӏазде саламалъул хитӏаб гьабуна рехсараб проекталъул Дагъистаналда вугев координатор Шамил Гӏалиевас. Гьес баркала кьуна проекталъул рахъ ккуралъухъ.\nАкциялъул ахиралда киналго гӏахьалчагӏазе рес щвана «чемпионасул радал квеналъул» хӏалбихьизе."}
{"slug": "7547-magiarukh-l-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7547-magiarukh-l-i", "title": "Магӏарухълъи", "date": "2020-03-16 11:45:12", "categories": ["insan"], "text": "Гӏахьвахъ\nГьал къоязда районалда «Бахӏарзазулгун гара-чӏвари» абураб проекталда рекъон, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул лъудбузулгун ва тылалъул захӏматчагӏазулгун дандчӏваял тӏоритӏана.\nКӏудиябросу ва Тӏукитӏа росабазул руччабазул советалъул вакилзаби, учительзабигун цӏалдохъаби тылалъул захӏматчагӏазухъе щвана. Ватӏанияб рагъул гӏахьалчиясул лъади Кӏудиябросулъа Булбул Шариповалъ ва тылалъул захӏматчӏужу Меседо Турачевалъ бицана жидецаго хӏехьезе ккараб кьогӏаб къисматалъул хӏакъалъулъ.\nРагъул кьогӏлъи щвана щибаб росулъе, щибаб хъизамалъухъе. Захӏматаб гьир бегана кодор гӏисинал лъималгун росабалъ хутӏарал, фронтазеги жидерго хъизамазеги бетӏербахъиялъе магӏишат гьабизе ккарал руччабазул гъуждузде.\nТӏукитӏа росулъа тылалъул захӏматчагӏи Патӏимат Хӏасановалъ, Хадижат Мухӏамадгӏалиевалъ ва Имагъази Мухӏамадхӏажиевас ракӏалде щвезабуна жидерго лъимерлъи.\nРагъул гӏахьалчагӏиго гӏадин, тылалъул захӏматчагӏиги жакъа нилъеда гьоркьор цӏакъ дагь руго. Рагъ байбихьараб заманалда гьезул цо-цоял рукӏана улбуллъун рахъарал, цогидаз бан букӏинчӏо 15 сонцин. Рагъ унеб букӏаниги, школалда цӏалиги рехун течӏо гьез. Чӏахӏиязда рекъон хӏалтӏулел рукӏана лъималги. Рагъдаса хадуб чӏунтараб улкаялда рухӏ речӏчӏизабиялъулъги лъуна гьез кӏудияб бутӏа.\nШамил\nШамил районалъул Гьентӏа росулъа Хӏажияв Мухӏамадов, росдадаса 10 километралъ рикӏкӏад бугеб Хӏарада колодеги гочун, гӏи-боцӏиги хьихьун вугелдаса саламаталго сонал руго. Гьес колода чӏезарун руго санагӏатал шартӏалги.\nКъогогӏан соналъ гӏияда нахъа вугев гьесда лъала гӏи унтани гьаризе кколел дарабиги.\n— Нилъер умумуз гьабулеб букӏараб хӏалтӏи буго гӏияхъанлъи. Лъидасаго нечезеги кколаро хӏалалаб магӏишат гьабулел ругони. Гӏи хьихьиги, гьеб гӏезабиги буго бихьинчиясул хӏалтӏи, гьев хӏинкъуларо гӏазу-цӏадалдасаги багӏари-квачалдасаги. Нилъеего кваназеги щола рацӏцӏадал нигӏматал, — ан бицана Хӏ. Мухӏамадовас."}
{"slug": "7548-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7548-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-03-16 12:11:58", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Лъаратӏа районалдаса С. Жахӏбаровас цӏехолеб буго: «Электросчетчик абонентасул гӏайибалдалъун хун гьечӏони, гьеб лъица хисизе кколеб, идараялъищ яги живго хважаинасищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул токалъул подстанциялъул мастер Мухӏамад Мухӏамадовас:\n— Байбихьуда лъун рукӏарал, механикиялин абулел, чӏегӏераб кьералъул токалъул счетчикалги «Меркурий» абулел счетчикалги хун ратани яги лъикӏ хӏалтӏулел ратичӏони, хисизе ккола живго хважаинас. Тӏадехун бицунел счетчикал хисун, ахирисеб нухалда лъун рукӏарал «Каскад» абулел электрониял счетчикал хун ругони, хӏукуматалъул хасаб проекталда рекъон, гьел чӏорого хисула подстанциялъул хӏалтӏухъабаз.\n«Кида байбихьизе бугеб электронияб варианталда захӏматалъулал книжкаби хӏалтӏизаризе? Бокьани гурони, хӏалица гьеб хисизе тӏамизе ругищ?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас:\n— Захӏматалъулаб книжка электронияб варианталде буссинаби ккола «Цифровая экономика» абулеб миллияб проекталъул тӏалаб ва хӏалтӏухъанасе цӏакъ санагӏатаб тадбир. Электронияб захӏматалъулаб книжка билуларо, бикъуларо, гьелда тӏад ругел хӏужаби тӏагӏунаро ва пенсиялде унезе гьеб рахъалъ кинабгӏаги квалквал кколаро.\n2020 соналда байбихьизе буго электрониял къагӏидаялда захӏматалъулал книжкаби гьаризе. 2021 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе хӏалтӏуде лъугьунев чиясул букӏине гьечӏо кагътил захӏматалъулаб книжка, гьесул хӏалтӏул хӏакъалъулъ баянал рукӏине руго электронияб къагӏидаялда.\nКагътил варианталда захӏматалъулаб книжка цӏунизе бокьарас 2021 соналъул тӏоцебесеб январь щвелалде хӏалтӏикьолесухъе гӏарза хъвазе ккола.\nТакрар гьабила, гӏемер дандчӏвала цӏа ккеялдалъун, сейф бикъиялдалъун, гьадинго билун, кагътил документ тӏагӏиналъул хӏужаби, захӏматалъулал книжкаби электронияллъун гьариялдалъун гьел квалквалал рукӏине гьечӏо. Гьебмехалда гӏарацги кьун, книжкаялъул бланк босизе кколаро, гьеб цӏуниялъул ва гьелда хъвай-хъвагӏай гьабиялъул ургъел гьабизе кколаро, гьединго хӏалтӏикьолесе бигьалъи букӏуна рикӏкӏада вугев хӏалтӏухъанасулгун бухьен кквезе.\nЦӏумада районалъул Гьигьалъ росулъа Шамилхӏажил вас Муридица цӏехолеб буго: «Дун ккола Гьигьалъ росдал гьоркьохъеб школалъул музыкаялъул учитель. Дир буго хасаб музыкалияб лъай. Дихъ буго РЦДОялъул искусствоялъул отделалъул халкъиял музыкалиял алатазда (пандур, хъумуз, аргъан, щвантӏих) бакънал рачине лъимал ругьун гьариялъул группаялъул бащдаб ставка. Законалда рекъон, анкьида жаниб дица цо лъималазе кьезе ккола кӏиго сагӏат. Хӏисаб гьабидал, дир группаялда букӏине ккола ункъо-щуго лъимер. Цебеялдаса нахъего гьеб гьедин букӏана. Исана РЦДОялъул директорас дихъа тӏалаб гьабулеб буго группаялъул 15 чиясул сияхӏ, гьеб ккола 30 сагӏат. Дица гьесда абуна, законалда рекъон, щибаб лъимаде дица дарсал батӏа-батӏаго кьезе кколин. Районалъул Лъай кьеялъул управлениялъул начальникасулги буго гьебго тӏалаб. Бихьулеб буго «Хӏакъикъаталдасан» гурони дие кумек щвезехъин гьечӏеблъи. Гьарула дир суалалъе мухӏканаб жаваб кьеян».\nГьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул учительзабазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:\n— РЦДОялъул директорас духъа группаялъул 15 чиясул сияхӏ тӏалаб гьаби, законалда рекъон, битӏараб ккола. Хасаб программаялда рекъон, профессионалияб даражаялда музыкалиял алатазда бакънал рачине дуца лъимал хӏадурулел ругони, группаялда вукӏуна цо-кӏиго чи. Школалда тӏадеги лъай-махщел кьеялъул программаялда хӏалтӏулеб группаялда вукӏине ккола бищун дагьав 15 цӏалдохъан. Дуе лъикӏаб букӏина директорас малъараб гьабуни, гурони, гьес цересел соназда дуе кьурал харжазул ревизия гьабизе бегьула.\nХадусеб кӏиго суалалъе жаваб кьуна ДРялъул пенсиялъул фондалъул пенсия чӏезабиялъул ва гьелъул хӏисаб-суал гьабиялъул нухмалъулесул заместитель Гӏайшат Кӏудиямухӏамадовалъ.\nУнсоколо районалъул Цӏатӏанихъ росулъа Эхомухӏамад Камалудиновас цӏехолеб буго: «Дун ккола 97 сон барав пенсионер, хӏалтӏул стаж буго 70 сон. Дие кьуна 13 орден-медаль ва ункъо баркала. Дун гӏадал бажариги лъайги бугел чагӏи тылалда хӏажат ругин абун, гӏарза кьуниги, дун рагъде витӏичӏо. Кватӏичӏого дица нусго сон базе бугелъул, лъазе бокьилаан дир гӏадаб ригьалъул чагӏазе хӏукуматалъ цо миллион гъурущ ялъуни санаториябгун курорталъулаб бакӏалда секция кьолин абулеб жо битӏараб бугищали».\n— Нусго сон банин абун, Эхомухӏамад Камалудиновасе Пенсиялъул фондалъул рахъалдаса тӏаде кьолеб гӏарац яги цоги кинабгӏаги бигьалъи букӏунаро. 2013 соналъул 28 декабралда къабул гьабураб №400 Федералияб законалъул 17-абилеб статьяялъул 1-себ бутӏаялда рекъон, 80 сон барав чиясе, гьес хитӏаб гьабичӏого, чӏезабураб (фиксированный) страховияб пенсиялъул базовияб роцен кӏиго нухалъ цӏикӏкӏинабула (5686х2). Гьединго, гьес гӏарза хъвани, гьесда хадуб хъулухъ гьабулев хӏалтӏуларев чиясе кьола 1200 гъурущ.\nДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Гӏайшат Мухӏамадовалъ абуна:\n— 80 сон байдал пенсия цӏикӏкӏинаби гурони, 100 сон банин абун, нижер министерствоялъул рахъалдасаги пенсионерасе гьабулеб кинабгӏаги кумек-бигьалъи букӏунаро, — ян.\nГумбет районалъул Игьали росулъа Мухӏамадова Сайгибатица цӏехолеб буго: «Дун ккола анкьго лъимадул эбел. Дида рагӏана 1993 соналде щвелалде гьарурал лъимал ругони, дир пенсиялде тӏаде гӏарац бачӏунин абун. Нижер районалъул пенсиялъул фондалда дица абуна, дир пенсия гьитӏинаб букӏиналъ, дие гьеб щоларин. Исанаги гьез абуна, лъимал тӏад хъвани, гьадингоги гьитӏинаб дир пенсиялда тӏаса 100 гъурущ бахъулин абун.\nГражданал къабул гьарулеб отделалда абуна, «лъимал гӏемерай эбел» абун пенсиялде ун ятани, гьеб пенсиялда гъорлъе унин. Лъазе бокьилаан битӏараб жаваб».\n— Лъимер гӏемер ругебгӏан пенсия цӏикӏкӏине ккола. Амма жийго Сайгибатги гьелъул хӏисаб гьабизе Пенсиялъул фондалде ячӏине ккола. Кинабго бараб букӏуна гьелъул ригьалда, хӏалтӏул стажалда, щолеб букӏараб харжалда. Законалда хъван гьечӏо, пенсия пуланаб къадаралда цӏикӏкӏине кколин абун. Хӏисаб гьабуни, чара гьечӏого Сайгибатил пенсия цӏикӏкӏине бугин абизе дида кӏоларо.\nЖеги мухӏканаб жаваб къваригӏани, ахӏе Гӏайшатил гьаб номералде: 8-988-296-79-83.\nГӏахьвахъ районалъул ЖКХялъул хӏалтӏухъабаз хъвалеб буго: «Нижее харж кьечӏелдаса ана лъагӏелгун кӏиго моцӏ. Гьеб кколарищ закон хвезаби?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна Гӏахьвахъ районалъул администрациялъул хӏалтӏухъан Хӏажимурад Гӏалидибировас:\n— Районалъул ЖКХялда хӏалтӏулев лъабго чиясе нижеца моцӏрода жаниб кӏиго нухалда харж кьола. Гьаб суалалда гӏарз гьабулел чагӏи ккола районалда кьищни бакӏаризе ва канализация хӏалтӏизабизе «Дагъэкосеть» абулеб регионалияб компаниялъулгун къотӏи-къай гьабурав ункъо-щуго чи. Гьеб хӏалтӏи гьабизе абун, районалъул администрациялъ 2019 соналъул тӏоцебесеб бащдаб лъагӏелалъ гьеб идараялъул счеталде рехана 500 азарго гъурущ, кӏиабилеб бащдаб лъагӏелалъ гьелъ хӏалтӏи гьабичӏо, гьединлъидал нижеца гӏарацги кьечӏо.\nЖидерго машина бугев лъабго чиясе «Дагъэкосеталъ» харж кьуна, кӏиго чиясе жеги харж щун гьечӏо. Нижеца гьеб суалалъул гӏарз гьабуна районалъул прокуратураялде ва судалде, амма щибго хӏасил ккечӏо."}
{"slug": "7549-uchitelasda-nakh-a-ekhetarab-kuru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7549-uchitelasda-nakh-a-ekhetarab-kuru", "title": "Учителасда нахъа эхетараб кьуру", "date": "2020-03-16 12:43:57", "categories": ["obrazovanie"], "text": "2017 соналда Ленинкенталъул №35 гимназиялде щвана РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева. Гьениб гьабулеб хӏалтӏулгун лъай-хъвай гьабун хадуб гьелъ гьадин абуна: «Дагъистаналда буго улкаялдаго хӏалбихьи тӏибитӏизабизе мустахӏикъаб школа – гьеб ккола Ленинкенталъул №35 гимназия», — ян абун.\nДРялъул ва РФялъул мустахӏикъай учитель, Лъагӏалил директор, РФялъул учитель-методист, «Россиялъул бищун лъикӏал гӏадамал» абураб медалалъе мустахӏикълъарай Чакар Мажидова ккола гьеб гимназиялъул нухмалъулей. Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏаса гьей цӏалана Буйнакскиялъул педучилищеялда ва Ленинкенталъул №35 школалда хӏалтӏулаго, лъугӏизабуна ДГПУялъул филологияб факультет. 1990 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго рехсараб школалъе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь школалъул гьабуна миллияб профилалъул №35 гимназия. Лъималазул эбел, росасул лъади ва школалъул директор. ТОКСалъул хӏаракаталъул цебехъан, миллияб маданияталъулгун тарихалъул музей, суратазул галерея, республикаялъул ва тӏолгороссиялъул даражаялда тӏоритӏулел къецазул гӏахьалчагӏи — цӏалдохъабигун учительзаби — куцалеб къебелъи. Кин гьебгощинаб хӏалтӏи гьабун бажарулеб чӏужугӏаданалъухъа? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун щвана Ленинкенталъул №35 гимназиялде.\nКинабго баччула\nучительзабазул гъуждузда\nЦебегоялдаса нахъе ракӏалда букӏана дур хӏакъалъулъ хъвазеянги абун, аскӏое щведал, Чакар Мажидовалъ абуна: «Кутакалда гьунар бугей директор дун йигин абун дуца хъвани, гьеб битӏун букӏинаро, щайгурелъул директорасул къадру-къимат кидаго бараб букӏуна школалъул коллективалда. Гьеб цокӏалго хӏалтӏулеб гьечӏони, нухмалъулесул пикраби гӏумруялде рахъинарун бажаруларо. Щибаб жоялъе икъбал ккола, гьелъие лъикӏаб кьучӏ лъун бугони. Дир кӏудияб талихӏлъун ккана, Ленинкенталъул школалда хӏалтӏизе ячӏараб мехалда, цо-цоязда гӏанталиланцин ккезе бегьулел рукӏарал дир пикрабазул рахъккуна гьелъул директорлъун вукӏарав Мухӏамад Насрулаевас. Гьаб жо гьабизе ракӏалда ккун бугин абун бицине аскӏое араб мехалда, гьес дие нух рагьулаан, кумекалъе чагӏи ралагьулаан. Школалъеги цӏалдохъабазеги пайдаял ишазулъе жубалаан коллективги.\nНилъер хӏалтӏухъ чи валагьула къватӏисеб рахъги школалъул жанахӏалда бугеб рацӏцӏалъиги, цӏалдохъабазул хьвада-чӏвадиги кьочӏое босун. Гьединлъидал гӏадлу-низамалъул рахъалъ дир рукӏуна кьварарал тӏалабал. Масала, къададаса хӏарщ тӏун бачӏанищ – гьебсагӏатго къачӏазе ккола. Школалда жаниве лъугьарав чиясул берчӏвазегӏан тезе бегьуларо. Киса-кирго рукӏине ккола чӏагоял тӏугьдул – лъимал куцазе ккола берцинлъиялде, тӏабигӏаталъул хаслъиялде ругьунлъараллъун», — ан.\nКагътаз чӏвала аслияб заман\nЛенинкенталъул гимназиялъул «хӏубилъун» гьелъул директоралъ рикӏкӏуна гьенир хӏалтӏулел учительзаби. Масала, завучал Хӏайдарбегова Патӏимат ва Гӏабдулаева Аминат.\n35 соналъ хӏалтӏулей йиго гимназиялда Аминат Гӏабдулаева. Гьей ккола Чӏарада районалъул Гӏириб росулъа. «Дир кӏудияв эмен вукӏана школалъул директорлъун, эмен – учительлъун. Кӏудада вуссинчӏо рагъдаса. 1985 соналда лъугӏизабуна Буйнакскиялъул педучилище, хадуб – пединститут. Гьабсагӏаталда дун йиго историялъулги обществознаниялъулги рахъалъ завуч. Хӏалтӏи бокьула дие – гӏолохъанал махщелчагӏазда дарс гӏуцӏулеб къагӏида малъизеги, гьезул дарсазде хьвадизеги. Амма гьелдасаги гӏемер букӏуна кагътазул хӏалтӏи. Гьелъ чӏвала заманги.\nНижеца учителасе ихтияр кьоларо интернеталдаса росарал дарсил планал хӏалтӏизаризе. Бокьараб бакӏалдаса босараб букӏине бегьула материал, амма гьеб рекъезабизе ккола пуланаб классалда ругел цӏалдохъабазул даражаялде. Учительзабиги гьелда разилъула. Гьанже киназдаго тӏадаблъун гьабулеб буго электронияб дневник ва журнал цӏезаби. Амма гьединаб журналалде раккулел цӏалдохъабазул эбел-эмен цӏакъ дагьал руго. Гьединлъидал цӏалдохъабазул эбел-инсулгун бухьен гьабулеб аслияб алатлъун хутӏун буго гӏадатияб дневник.\nДир пикруялда, учительлъун вахъине ракӏалде ккарав чияс цин лъугӏизабизе ккола педучилище. Гьанире хӏалтӏизе рачӏунел учительзабазул хӏисаб гьабидал, бихьулеб буго, педучилище лъугӏизабуразул лъай университет лъугӏизабураздаса гӏемерго камилаб бугеблъи.\nБатӏи-батӏиял къецазда цӏалдохъаби гӏахьаллъула жидеего бокьун. Масала, пуланаб темаялда хӏалтӏи хъвазе бокьилаанин абула гьез. Гьеб мехалда гьезда малъула, кин гьеб хӏалтӏи гӏуцӏизе кколебали, киса материал балагьизе бегьулебали, кибе сапар бухьинебали. Лъималазул проектазда гьоркьоса бищунго лъикӏал тӏаса рищула ва жеги камилги гьарун, ритӏула конкурсалде. Гьедин букӏана дагьалъ цебе Сталинградалъул рагъул темаялда тӏобитӏараб конкурсалде битӏараб хӏалтӏиги. Цӏалдохъангун цадахъ ниж ана Сталинградалъул рагъул гӏахьалчиясухъеги».\nДиректоралъул хӏакъалъулъги гьадин бицана Аминатица: «Чакар Мажидова кидаго йикӏана школалъе гӏоло рухӏ кьезеги учительзабазе кумекалъе яхъинеги хӏадурай гӏадан. Хӏалтӏизе бокьуларев чи гьелда аскӏов хутӏуларо. Цо дагьабниги школалъе пайдаяб пикру загьир гьабунищ – гьеб гӏумруялде бахъинабиялъе киналго шартӏал гӏуцӏизе къачӏан йикӏуна гьей.\nЦо нухалда дун гӏахьаллъулей йикӏана шагьаралъул конкурсалда. Гьениб дие бакӏги щвечӏого, ракӏбекарай дун щвана директоралда аскӏое. «Дуда ракӏалда букӏун батила, мунгӏан цӏакъав чиго гьечӏин гьаниван абун. Йохъ, гьаб буго шагьаралъул къец. Щибаб школалдаса бищун лъикӏал учительзаби руго гьанир. Амма, дир пикруялда рекъон, гьезул цонигиясукьа къураб лъай гьечӏо дур. Дур гьунаргун бажари бихьизабизе бокьун батани, киналъулго хӏасилги гьабе, гъалатӏазда тӏадги хӏалтӏе ва тӏасияб соналде хӏадурлъе», — ян абуна гьелъ дида. Гьелъ малъухъеги гьабун, тӏасияб соналда бергьенлъиги щвана дие. Гьебго къагӏидаялда куцала къецазде унел цӏалдохъабиги».\nГьелъ гъункизабуна коллектив\nПатӏимат Хӏайдарбегова ккола Шамил районалъул Гьоор росулъа. Лъугӏизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Гьелъ бицана гимназиялда хӏалтӏулев щивав учителасда нахъа эхетарай кьуру йигин Чакар Мажидовайилан. П. Мухӏамадовалъ кьола магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги дарсал. «Цебе гӏадаб рокьи гьечӏо миллиял мацӏазде. Дица жеги цӏунун руго 15-20 соналъ цере рукӏарал цӏалдохъабазул тетрадал. Мех-мехалда гьел росула дица дарсиде ва цӏалула жакъасел цӏалдохъабазе. Гьел гӏажаиблъизарула дол соназда кочӏодалъун хъвараб сочинение бихьараб мехалда. Гьанже гьединал цӏалдохъаби къанагӏат гурони рукӏунаро.\nГьанже дарсил цӏикӏкӏарасеб заман уна лъималазда мацӏ, рагӏабазул дандраял гӏуцӏизе малъулаго, дандчӏварал рагӏабазул магӏна бичӏчӏизабулаго. Цо цӏалдохъаналъул эбел ячӏана дида аскӏое, жиндир ясалъе рахьдал мацӏалъул дарс захӏмалъулебги бугин, гьей гьелдаса эркен гьаеянги абун гьарун. Аслияб гӏилла букӏана аттестаталда хашаб къимат щвезе бокьунгутӏи. Дица гьелда абуна, цо-кӏиго моцӏалъ дир группаялда те ясин, дир тӏадкъаязе жаваб кьун гьелъухъа бажаричӏони, Дагъистаналъул адабият малъулеб группаялде ячине бегьилин абун. Дица гьей ясалъе кьола хасал тӏадкъаял – гьелъул хӏакъикъияб лъаялде рекъонги ккезарун. Гьанже гьей яс берцинго хӏалтӏула дарсида. Гьаб буго цӏалдохъабазеялдасаги гьезул эбел-инсуе бичӏчӏи кьезе кколеб заман», — ан бицана Патӏиматица.\nГьей ккола «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб ва тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏараб Дагъистаналъул къецалда чӏел босарай магӏарул мацӏалъул учительница. Доб заманалда Россиялъул даражаялда тӏобитӏулароан гьединаб къец. «Патӏиматица куцана Тӏолгороссиялъул къецалда тӏоцересел бакӏазе мустахӏикълъарал учительзаби — Гулишат Мухӏамадрасуловаги Зайнаб Алхуватоваги. Гьезда цадахъ Москваялдеги ана гьей, гьезие сундулъго кумекалъеги чӏана. Гьабсагӏаталда Патӏимат ккола завуч ва гьеб ишги гьелъ тӏубазабула ракӏбацӏцӏадго», — ан бицана Чакарицаги.\nГимназиялде гӏемер щвана дун, дандчӏвана учительзабигун, гӏодой чӏана дарсазда, класстун къватӏисел тадбиразда. Гьединлъидал, ракӏчӏун абизе кӏола, гимназиялъул щивав учитель мустахӏикъав вуго реццалъейилан."}
{"slug": "7555-ebelin-nusal-abun-yasilan-yakad-kial-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7555-ebelin-nusal-abun-yasilan-yakad-kial-an", "title": "Эбелин нусалъ абун, ясилан якьад кӏалъан", "date": "2020-03-17 08:13:29", "categories": ["insan"], "text": "Газетаздагун журналазда хӏалтӏулел чагӏи гӏемер щола рикӏкӏадал росабалъе, дандчӏвала батӏи-батӏиял гӏадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хӏалтӏи. Бокьаниги бокьичӏониги, командировкайин абун тӏад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчӏого тӏураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукӏарал гьалбадерихъе ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикӏаланго заман ун букӏаниги, гьесул васас дун цӏакъ лъикӏ къабул гьавуна, кваназавуна ва хабар-кӏал бицун хадув вегизе хасаб рукъги бихьизабуна.\nАмма гьеб киналдаго цадахъ бичӏчӏулеб букӏана гьезул рокъоб гӏемер парахатаб гьечӏеб ахӏвал-хӏал букӏин. Гьезул рокъов вугебгӏанаб мехалъ гьоболасул васасул лъадиги эбелги цоцада кӏалъалелго рихьичӏо. Жидерго гьоркьоблъи гьез гьоболасдаса бахчулеб букӏинги бихьулеб букӏана дида. Дагьаб букӏунарелъулха нусалдаги якьадалдаги гьоркьоб дандеккунгутӏи. Гьеб ахӏвал-хӏалалде абизегӏанасеб кӏварги дица кьечӏо. Гӏадада гурелъулха умумузулго аби бугеб, якьадги нусги – расаги гӏункӏкӏгиян.\nНусалъул гьари\nНахъияб къоялъ, хъулухъалъул къваригӏелалъ гьебго росдал школалде щварав дида гьений мугӏалимлъун хӏалтӏулей ятана гьалбадерил нус. Жиндир цо гьари бугин дудеянги абун, гьелъ дун цо чи дагьаб бакӏалдехун вачана кӏалъазе. «Я вац, бегьулеб батани, дир цӏарги бихьизабичӏого хъвай газеталдасан якьадзаби кантӏизе гӏадаб цо макъала. Битӏахъе цӏадул корониб гӏадин гьелегьун буго рокъоб ахӏвал-хӏал. Толаро якьадалъ нижер хъизан хӏалхьуда. Гьей угъраш сабаблъун росасдаса ятӏалъизеги бокьун гьечӏо. Гьабулебщиналда тӏад кӏалъала, малъарула, цо щиб бугониги мекъи гьабуни, битӏахъе бода суризаюла, халкъалда рагӏизаюла. Васасги эбелалъул рахъ ккола. Дида гьев вичӏчӏула, эбелалъул хӏурмат рехулев чи гьев гуро. Шаргӏилан, динилан чӏарай гӏаданги йиго гьей. Гьелъухъе цо кантӏи бачӏунеб малъа-хъвай гьабизе бегьуларищ нилъерго магӏарул газеталдаса?..» Къокъго абуни, диде божилъиги гьабун, гьединаб мурадалъул калам букӏана гьалбадерил нусалъул.\nЯкьад кантӏизесегӏанаб гӏакъилаб калам газеталдасан гьабизе гӏураб бажари дирги гьечӏинха, кингӏагидай гьалбадерил рокъобе рекъел рещтӏинабилаян вукӏана ургъулев. Цо талихӏалъ, ракӏалде бачӏана цо кидаялиго цӏалун букӏараб лъикӏаб мисалалъе рехсезе бегьулеб бицен.\nЗагьру инабе рекӏел тӏиндаса\n«Цебе заманалда Китаялда йикӏун йиго пуланай яс. Ригьнаде индал гьелде тӏаде ккун буго росасул эбелалъе хъулухъ гьабизе. Амма якьадалъ щибаб къойил тӏадкъалеб гьир бакӏлъарай, гьелъул малъари рихарай гӏолилалда ракӏалде ккун буго, якьад доб цояб дунялалде йитӏизе. Гьеб мурадгун щун йиго инсул гьудул — хурдуздасан загьру бахъулев местӏерасухъе. Бицун буго гьесда рокъоб бугеб къварилъи. Дуца абураб гӏарацги кьелин, инсул рухӏалъе гӏологӏаги жиндие кумек гьабейилан гьарун буго ясалъ.\nВаллагь, гьабилин, щайин гьабуларебинги абун, местӏер цин лъикӏго ургъун вуго ва гьадин малъун буго: «Гӏенеккея, дир яс. Дица хӏадур гьабураб загьруги кьун гьей хвани, гьеб дур хӏалтӏи букӏиналда гӏадамал щаклъизе бегьула. Гьединлъидал дица хӏадур гьабила загьруяб чӏахӏ-хер, дагь-дагьккун гьелъул чорхолъ унти ккезабулеб ва лъагӏалидасан холеб. Гьеб мехалда дуде щивго щаклъизе гьечӏо. Гьаб хер дуца дагь-дагьккун гьелъие кьолеб кванилъе бай. Амма гьеб загьру кьолеб заманалда жаниб дуца гьелъ малъарабги гьабе, гьейгун берцингоги кӏалъай, дурго эбелалъул гӏадин адаб-хӏурматги цӏуне».\nГӏолилай гьеб шартӏалда разилъула ва местӏерас кьураб загьруги босун рокъое щола. Гьес малъухъе хьвадула ва зама-заманалдасан гьелъул кванилъе «загьруял мугьалги» ккезарулаго, цӏакъ адабалда йикӏуна.\nНусалъул гӏамал хисун букӏин бихьидал, якьадалъги дир ясилан гурони гьелда абуларо ва щиб лъикӏлъи гьелъие гьабилебали лъаларого гьейги йикӏуна ккара-ккаралъуб нус еццулей. Палхӏасил, бащдаб лъагӏелгӏанасеб заманалда жаниб, битӏахъе эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб гӏадаб рокьи щулалъула гьезулъ.\nЦо къоялъ гӏолилай местӏерасухъеги ячӏун, якьад хвасар гьайизе дару гьабейин гьардола. Жинца кьураб загьруялъул хӏасилалда гьей хвезе бокьун гьечӏин, гьелдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларин кӏалъала нус.\nМихъилъеги гьимулаго местӏерас гӏолилалда абула расги ургъел гьабугейин, дица духъе кьураб жо загьру букӏинчӏин, щибго зарал гьечӏеб чӏахӏ-хер букӏанин. Загьруйин абуни букӏанин дур рекӏелъ ва дуцаго мунго хвасарги гьаюнин.\n«Дунгоцин гурищ гӏайибияй?»\nГьаб тӏадехун рехсараб биценги хъван, ккараб ккун букӏиниланги абун, дица кагъат битӏана гьоболасул васасул лъадул цӏаралда. Лъикӏаланго заманги ана гьелдаса нахъе, дида гьеб лъугьа-бахъинги кӏочон тана. Гьанже вахъун гьаб макъала хъваялъе гӏиллалъунги ккана гьал къоязда дир цӏаралда хъван гьалбадерил нусалъ редакциялде бачӏараб кагъат. Гьелда хъвалеб бугоан: «Хӏурматияв Мухӏамадхӏабиб, дуца дихъе битӏун бачӏараб доб бицен цӏалидал, битӏахъе ццим бахъун лъугьун йикӏана, гьабищинха дие кьезе батараб жавабиланги абун. Амма тӏадюссун чанго нухалда цӏалана ва, щаяли лъаларо, дир ботӏролъ пикраби ххенезе лъугьана. Хӏакъикъаталдаги дунгоцин гӏайибияй йигодаян ккана ракӏалде. Пуланаб къоялъ, якьадалъ цо щибалиго малъидал, валлагь гьабилаха, дир хирияй эбелиланги абун, дица гьелда баана. Гьей цин гьалгъан хутӏана, гьалъие ккараб щибилан йикӏун ятиларищха, хадуб, рекӏеде ячӏараб гӏадинги лъугьун, дир кверазда къочаризе лъугьана. Ниж цоцадаги хурхун лъикӏ мехалда гӏодана ва, жинцаго малъараб гьабизе дунги течӏого, дица гьабила, дир ясиланги абун, дида тӏадкъараб гьабизе жийго лъугьана. Гьелдаса нахъе нижеца цоцазда эбелин, ясилан гурони абуларо. Хӏакъикъаталдаги, диралдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларо. Унгоха, дир рекӏее лъугьараб бигьалъи, унгоха, нижер рокъоб бугеб парахалъи. Мадулгьаллъи урхъун балагьула нижер гьоркьоблъиялъухъ ва нижедаса талихӏаб хъизан цоги бати щакаб буго. Кӏочон тезе бахъана. Дун ригьнаде аралдаса лъабго лъагӏел бан букӏаниги, Бетӏергьанас лъимер кьун букӏинчӏо. Кватӏичӏогойин абуни, дир ясалъ тӏубала моцӏ. Нижеда ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, мавлид гьабизе. Бокьилаан, цадахъ хъизан-лъималгун гьоболлъухъе вачӏине. Нилъ гьалбаллъидалха. Цоги, дуца дихъе битӏун бачӏараб кагъат дица ясбер гӏадин нахъе цӏунун буго. ИншаАллагь, яс ригьнаде кьолеб къо бихьани, бищун къиматаб сайгъат хӏисабалда гьелъухъе кьела».\nТалихӏ бокьарас щайтӏан къезабе!\nГьаб дунялалъул рокъоб халатаб гӏумру тӏамурав ва лъикӏабги квешабги батӏа бахъизе лъарав херав чияс жиндирго васасул васасе насихӏат гьабун абула:\n— Щивав чиясул чорхолъ кидаго унеб букӏуна къеркьей, битӏахъе кӏиго бацӏида гьоркьоб гӏадинаб. Цояб бацӏ – гьеб ккола квешлъи, жахӏда, ракӏ хъублъи, гьереси, хӏилла-рекӏкӏ. Цогидаб бацӏ – рекъел, рокьи, хьул, хӏакъикъат, лъикӏлъи, ритӏухълъи.\nКӏудияв инсул хабаралъ хагазавун хутӏарав васасул васас абула:\n— Ахир-къадги кинаб бацӏха бергьунеб, кӏудада, — ян.\n— Кидаго бергьуна дуцаго кваназабулеб бацӏ, — ан жаваб кьола кӏудияв инсуца."}
{"slug": "7556-rasul-khiamzatovas-tiogol-gul-kuraj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7556-rasul-khiamzatovas-tiogol-gul-kuraj", "title": "Расул Хӏамзатовас тӏогьол гул кьурай", "date": "2020-03-17 08:32:40", "categories": ["pismo"], "text": "Гьитӏинго кечӏ-бакъаналъе гьунар бугей гӏадан йикӏана Шамил районалъул Ругъелдаса Аминат Давудова. Школалда цӏалулеб мехалдаго гӏахьаллъулаан гьей росулъ тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбираздаги.\n— Доб мехалда сундулго рахъалъ къанагӏалъи букӏана, — ян ракӏалде щвезабула Аминатица.\n— Гӏемерисел учительзаби рукӏана къватӏиса рачӏарал. Цӏализе лъикӏай йикӏаниги, хадуйккун цӏализе дие рес щвечӏо. Ясал жалго росу тун къватӏире ритӏулеб гӏадат букӏинчӏелъул. Тӏокӏаб батӏияб хӏалтӏи росулъги щибха букӏинеб, колхозалда хӏалтӏана. Хьихьана колхозалъул боцӏи, хӏалтӏана дояркалъун. Риидалил заманаялъ бецун лъабго тонна харилги кьолаан. Къец бан хӏалтӏулаан киналго, эркенаб заманалда, кечӏ ахӏун нижеего рекӏелгъейги гьабулаан.\nУнкъо соналъ дояркалъунги хӏалтӏун, гьей йищана колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун. Гьеб букӏана Аминатиде гьабураб кӏудияб божилъиги. Гьелдаго цадахъ тӏаде бегана жеги жавабияб хӏалтӏиги — йитӏана Кочубеялъул ракьалда бугеб гъутаналде боцӏул фермаялъе нухмалъизе. Лъабго соналдасан ячана магӏарухъ бугеб МТФялъул заведующаялъун. Дол соназ районалдаго церетӏуразулъ рехсолеб Ругъелда росдал колхозалъул букӏана лъабго бригада (Ругъелда, Мусрухъ, Хьиндахъ). Бергьараб бригадаялъе кьезе колхозалъ рихьизарун рукӏана хъвезе оцги цогидал шапакъаталги. Кин кӏочене бегьулеб 10 тонна харилги бецун, оцги хъун, тӏолабго жамагӏатги ахӏун гьабураб байрам. Кочӏол тамадалъун йикӏана Аминатги.\nРакӏ чучиялъе кечӏ гьечӏони, чӏамучӏаб жо буго гӏумруян абула Аминатица.\nГьелде бугеб рокьиялъ ячана гьей 1974 соналда росдал культураялъул рукъалъул директорлъун хӏалтӏизеги. Къокъабго заманалда жаниб гьелда кӏвана умумузул кьурдабазе цӏияб накъишги, церегосел бакъналги гӏадамазухъе кьезе. Цӏияб гугьаргун щвана халкъалъухъе Мирзалалъул, Айзахӏмадил, Атимахӏагӏалил, рукъдалазулаб ва цогидал бакънал.\nАминат гӏемерай гӏахьаллъана районалъул тадбиразда, республикаялъул фестивалазда.\n— Бищунго кӏочонареблъун хутӏана Хунзахъ тӏобитӏараб фестивалалда кечӏ ахӏун бахъиндал, тӏогьол гулги босун баркала кьезе Расул Хӏамзатов вачӏараб лахӏзат, — ан бицуна Аминатица.\nКъогогӏан соналъ маданияталда гьоркьойги йикӏун, ана гьей мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде.\nАмма жакъаги къун гьечӏо Аминатилъ кечӏ-бакъаналде рокьи. Махӏаби хӏалтӏуларого йигониги, ахӏаралъуе ячӏинчӏого чӏезе гьелда кӏоларо. Къиматай гьоболлъун йикӏана гьей кӏиго соналъ цебе къелдерил ракьалда тӏобитӏараб районалъул «Рекӏел ахӏи» фестивалалдаги, росдал администрациялъ хас гьабун харабазе тӏабигӏаталда гӏуцӏараб тадбиралдаги.\nГьитӏинай яц Узлипатицагун цадахъ гьез ахӏулеб умумузул бакъаналъ асар гьабуларев чи вукӏинаро.\n— Дида лъаларо гьаб гьунар киса дихъе щварабали. Амма дир инсуца цӏакъ берцинго умумузул бакънал рачунаан тӏармида, зурма пузе махщел бугев чи вукӏана мунагьал чураяв эбелалъул вац Атимахӏал Гӏалиги, — ян бицана Аминатица.\nРокъоса къанагӏат гурони къватӏие яхъунарей гӏадан йигониги, жакъаги гьелъул роцӏараб, борхатаб гьаракь хисун гьечӏо. Кинха абилеб некӏсияб бакъаналда рукъ цӏолеб хӏалалъ кечӏ ахӏулей Аминат 87 сонил ригьалде яхун йигиланги."}
{"slug": "7557-ragii-khisichiogo-bachiarab-khialal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7557-ragii-khisichiogo-bachiarab-khialal", "title": "Рагӏи хисичӏого, бачӏараб хӏалалъ", "date": "2020-03-17 08:38:25", "categories": ["pismo"], "text": "«Хӏакъикъат» казияталъул бетӏерав редактор Гӏумаханов Гӏумаханихъе\nИсана анлъабилеб марталда къватӏибе бачӏараб «Хӏакъикъаталда» бахъун буго «КӏОДОЛ КВЕРАЛ» абураб дир кечӏ. Квербакъарав мун ватилин ккола. Гьениб «Бархатные ручки» крем бихьичӏел» абун хъвараб мухъ «Кверазда бахунеб кремго бихьичӏел» абун хисун хъван буго. Кечӏ «Гьудуллъи» журналалдаги бахъун букӏана. Гьеб цӏалана Хъвадарухъабазул союзалда ругел шагӏирзабаз, хиса-баси гьабизе кколин абулев чи ккечӏо, рекӏее гӏуна. Дица, кагътил бакьулъ лъураб ункъо мухъ хъвазе, ункъого кагътидаса хъвагӏала мухъал. Гьениб гьижа гӏезе хисун батани, цӏихъвараб мухъ дагьабги дандекколареб буго: хӏажат гьечӏо «глубокомысленная риторика». Дун кочӏол гӏуцӏиги, кочӏол мацӏги, кочӏол роценги лъаларев чи гуро, щай абуни, цогидаз хъварабги цӏалулаго, лъабкъого соналъ хъвалеб буго. Жакъа лъицаялиго кочӏол чвахиги магӏнаги мукъсан гьабиялда дун рази гьечӏо. Лъиеялиго рекӏее гӏечӏел «Бархатные ручки» рагӏабиги кочӏолъ рекъон руго. Дун лъугьинаро адабияталъул терминазул кумекалдалъун баян кьезеги.\nГъоркьиса букӏанин ккола, «Хӏакъикъаталда» бахъун бачӏана «Ракӏазул кьаби» тӏохьодаса босараб дир кечӏ. Гьенир руго:\nРекӏей хӏалхьи гьечӏел\nгьудулзабазул,\nГьунараца гьабун\nбуго дирги сси.\nабурал мухъал. Казияталда «сси» «ссий» абун хъван бачӏана.\nТӏехьалъе редакторлъи гьабуна болмацӏалъул балъголъабиги лъалев, кочӏолъ гьелъул чвахиги машгьур гьабурав Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Махӏамадица. Гьес гӏаммаб тӏохьода бугеб дир нусиялда кӏикъого мухъалъул гӏицӏго кӏиго рагӏи хисизе тӏамуна дун.\nГьеб гуро колхозалъул хӏисабкьеялъулгин рищиязул хӏакъалъулъ хъвараб макъала, гьеб буго кечӏ. Макъала къачӏазе бегьила, амма дица кечӏ чияца къачӏазе хъваларо.\nКӏирекъарал хӏарпазул битӏунхъвайги лъалеб батила дида, университеталъги малъидал, казияталдаги хӏалтӏидал, чамалиго соналъ гӏурус ва авар мацӏазул мугӏалимлъунги вукӏиндал, лъалареб цӏехезеги кӏолелъул ва лъалебги бицунелъул. Лъиеялиго бокьун батани дун лъавукъавлъун вихьизавизе, Цӏадаса Хӏамзатица абухъего, «… букӏинаро никогда».\nДоб «ссий» гӏемерисел хъвадарухъабаз «сси» абун хъвала. Гьеб гъалатӏ кколаро, кочӏолъ рекъонги ккола.\nЦӏоралъул кагьруман,\nкатибасул свад,\nРосасе анагӏан\nсси щвана чорхой.\nГьединал мисалал гӏезегӏан руго.\nАнлъабилеб классалдаго хъвадарана дун «Багӏараб байрахъ» ва цогидал казиятазде. Хъвараб киданиги нахъчӏвачӏо. Дагьалъ цере дандчӏвайдал, дуца дида абуна хъвадарейилан. Ункъабилеб сон буго «Хӏакъикъат» казияталде хъвадаричӏелдаса. Гӏилла? Хъвараб билулаан. Щибаб нухалда гьоркьове М. Махӏатӏов лъугьинавулаан, хъвараб кӏиабизеги битӏизе кколаан. Гьаб кагъатги тӏагӏинчӏониха…\nДун гӏарцуе гӏологи хъвадаричӏо. Хъвараб щуябго тӏехьалъул тӏолабго тираж школазеги гьалмагълъиялъеги бикьана. Исана къватӏибе бачӏине ккола кӏиго тӏехь — гӏурус ва авар мацӏазда. Гьезул цоялда лъезе буго лъиеялиго рекӏее гӏечӏел «Бархатные ручки крем бихьичӏел» рагӏабигун кечӏги.\nАрхивалда батила, цӏале «Иццул кӏалтӏа кӏусараб аздагьо хъаме» абун Гӏ. Камаловасухъе хъвараб рагьараб кагъатги.\nГӏумахан, бокьилаан гъалатӏ битӏизабизе."}
{"slug": "7558-barkalayal-ul-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7558-barkalayal-ul-kag-at", "title": "Баркалаялъул кагъат", "date": "2020-03-17 10:52:19", "categories": ["pismo"], "text": "Гьаб ахираб заманалда «Хӏакъикъат» газеталда гӏадамаз гьарулел лъикӏал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ хъвалел макъалаби гӏемерлъулел руго. Дицаги хӏукму гьабуна дидаго лъалеб ва бихьаралъул цо гьитӏинабго макъала хъвазе.\nНилъее бищун къваригӏунеблъун дица рикӏкӏуна берзул канлъи. Канлъи дагьлъидал дица хӏукму гьабуна беразул тохтурасухъе ине. Махӏачхъалаялда бугеб беразул поликлиникаялда дун ккана Гъойтиева Наида абурай тохтуралъухъе. Гьабуна операция ва дир бералда тӏаса бахъана хъал, бихьизе лъугьана канлъи. Гьенир регаразул гара-чӏвариялъухъ гӏенеккараб мехалъ абулеб букӏана меседил кверал Аллагьас жиндие кьурай тохтур йигин Гъойтиевайилан.\nОперациялдаса хадуб жиндир унтараздехун букӏараб бербалагьиялъ, дида бичӏчӏана гьей гьунар бугей, махщел камилай тохтур йикӏин. Гьелъул эмен Гӏалидибирги лор-тохтур кколаан, гьанже пенсиялда вуго. Эбел Патӏиматги ккола акушер-гинеколог.\nГӏемерал шапакъатазул бетӏергьан, тохтуразул хъизамалда гӏурай тохтур Наидае сахлъиги къуватги кьеги кидаго кумекалъе ятизе.\nГӏумарбег Жахӏбаров,\nХьаргаби район,\nКъудукь росу\n* * *\nЦебе букӏараб гӏадлуги хутӏун гьечӏин, унтаразде тӏаса-масаго балагьулелги ругин, дарабиги унтаразго росизе кколин абун рицунел харбазда дица гӏин бачӏо. Дидаго лъазе хьулгун, кодоб направлениегун, дун ана Чӏикӏаб росдал больницаялде. Больницаялде жание лъугьарайго, гьениб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъги, чӏагояб хӏалтӏул багъа-бачариялъги батӏияб асар гьабуна дие.\nГьениб дие гьабуна тохтурзабаз жидехъа бажарараб кумек. Хасго дун разилъана тохтур-невролог Мадина Исламовалдаса. Гьелъул хӏалимаб, берцинаб каламги, хӏеренлъиги, ракӏунтун дие гьабураб хъулухъги дида киданиги кӏочене гьечӏо. Дунго гӏадин, дудаса Аллагьги разилъаги, хӏурматияй Мадина. Дида бихьана унтараздехун дур бугеб рекӏел хинлъи, рекӏел бухӏи. Чӏикӏаб росдал больницаялда дида батана унго-унгояб куцалъ бицунеб магӏарул мацӏ, магӏарулазул гӏамал-хасият, магӏарулазул яхӏги, намусги, гӏаданлъиги.\nБетӏерав тохтур Гӏумар Мухӏамадовасдаса байбихьун, отделениялъул нухмалъулей Анжелагун Жавгьаратие, дие хирияй Мадинае ва тӏолго сестрабазе кӏудияб баркала буго. Кьеги нужее хӏалтӏулъ бергьенлъаби, гӏумрудулъ талихӏ ва рохел, чорхое щулияб сахлъи. Аллагь вохарав гуреб къо бихьугеги нужеда!\nПатӏимат Дибирова,\nШушановка росу"}
{"slug": "7560-khiakimchiyasul-giadal-kaloshal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7560-khiakimchiyasul-giadal-kaloshal", "title": "Хӏакимчиясул гӏадал калошал", "date": "2020-03-17 11:16:56", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Дагъистаналъул ракьалда тушманас хӏетӏе лъечӏо, амма рагъул кьогӏлъиги, гьелъул къварилъабиги къулчӏизе ккана мугӏрузул кинабго халкъалъ. Ракъиги, квачги, рагъалъ кӏурулеб халкъги, руччабазул, херазул, захӏматаб хӏалтӏиги хӏехьезе ккана нилъер умумуз.\nПатӏимат гьаюна Дагъистаналдаги тӏолго дунялалдаги Расул Хӏамзатовас цӏар инабураб Цӏада росулъ. Эмен Патӏиматида лъазего лъалароан. Гьев хун вуго ясалъул кӏиго сон бугеб мехалъ. Рагъ байбихьараб мехалда гьелъул букӏана анцӏго сон. Рехселин кьогӏал рагъул соназул хӏакъалъулъ Патӏиматил ракӏалдещвеял:\n«22 июналда дунги эбелги ун рукӏана хурире картошка чӏаразе. Циндаго вихьана, хъамун чугун, росулъе унев чи. Гьесул хехлъи бихьун, эбелалъ абуна: «Валлагь, цо жо лъугьун буго, гурони гьаб хӏалалъ чу хъамилароан гъос … Рохалил хабар босун вачӏуневгӏаги ватаги!» — ян.\nХабар батана бищун кьогӏаб — рагъ байбихьанилан абураб. Кватӏичӏого нижеда — гӏисинал лъималазда — рихьана рагъул захӏмалъаби. Ретӏел — гьеб букӏана чӏортоялда тӏад чӏортоги букъун, кинаб кьералъул ххам букӏарабали лъалареб. Лъагӏалида жаниб нижеда цадахъ цӏалулей райкомалъул секретарасул ясалъул бихьана цӏияб горде. Яцӏцӏадго ретӏа-къан йикӏунаан кидаго Фазуги (Фазу Гӏалиева). Дир абуни, цого гурде букӏана рокъобги школалдеги ретӏунеб. Радал берцинго бакъван батичӏониги, гьединго ретӏунаан. Школалде щвезегӏан гьеб бакъвалаан.\nРакъи…\nРагъул заманалъул бицунаго, бищун цебе ракӏалде щола ракъи. Школалде унаго, рачӏунаго ихдал, риидал сверулаан хурире, гӏурдатӏе. Ракӏарулаан кваназе бегьулел хурдул, кьалбал, хӏур-ракьги тӏаса кӏутӏун, чӏамулаго гьелгун, унаан нухдасан.\nЦо нухалда цадахъ цӏалулей ясалъул эбел, захӏматго унтун, лъуна Гӏарани больницаялда. Гьей яс жиб-жиб къоялъ, дарсал лъугӏигун, унаан эбелалъухъе яккизе. Эбелалъ жиндиего кьураб квен, бащад гьабун, тун батулеб букӏун буго ясалъе. «Манный карщ» абурал рагӏаби тӏоцере гьелдаса рагӏана дида. Я нижго, яги эбел унтулелани рукӏунаан цадахъ цӏалулел ясал, гъоб, гьалмагъалъ беццулеб, манный карщги, кинабалиго «борщги» кваназе щвезе бокьун.\nКӏалбиччан къоялъ школалде кватӏугеян лъазабулаан учителас. Рогьалилъго росуги сверун, хӏанкъваязул къвалги цӏезабун, учителасеги цо-цо батӏаги гьабун, щолаан школалде. Гьев вагъичӏого вукӏине, къирараб нуцӏихъа жанире регьулаан кинацаго хӏанкъва кодор ккурал кверал.\nГӏемер рачунаан школалдаса колхозалъе кумек гьабизе: руччабаз къалаан гулал, нижеца, лъималаз, гьел гьакида лъезе раччулаан, гъоркь хутӏарал тӏорал рищулаан; картошка бухъизе, бахъизе кумек гьабулаан. Гьединал къояз колхозалъул председателасул буюрухъалда рекъон, лъималазе кваназе бачӏунаан чӏегӏераб чедги белъараб картошкаги. Гьеб квеналъул тӏагӏам кӏочонаро дида гьабсагӏатги. Чанги лъимал хӏалтӏизе рачӏунаан гьеб квен щвезе гӏоло».\nЭбелалъул тӏалабалда\nПатӏиматие букӏана гьалмагъзабаздасаги захӏмат. Ясалъ кумек гьабизе кколаан унтарай эбелалъе. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе Патӏиматица цӏакъ кумек гьабулаан эбелалъе: бакӏаб хӏалтӏи гьабизе йиччалароан, кӏанцӏун, екерун хъулухъ тӏубалаан. Рагъул заманалда цӏакъго кьваризарун рукӏана законал. Хӏалтӏуде кватӏизе бегьулароан, колхозалъул хуриса босараб харил магь сабаблъун туснахъ гьарулаан, захӏматкъоял тӏуран гьечӏони, хуриса бачӏин, картошка колхозалъе бахъун унаан. Хадуб лъагӏелалъ щиб кваналеб, кин яшав гьабилеб?! Рокъоб бугеб цагъуралъул цӏеялдаги, бокьоб бугеб хӏайваналъул къадаралдаги бараб букӏана лъагӏалил магӏишат. Гьеб боцӏиялъеги букӏана чӏезабураб къадар. Гьединлъидал Патӏиматица чанги къо биччазе кколаан, школалде инчӏого, къалам — тетрадалъул бакӏалда кодобе босизе кколаан харицел яги газа.\nЦин колхозалъул хӏалтӏи тӏубалаан\nКӏудияб гъираялда цӏалулей йикӏаниги, Патӏиматица школа лъугӏизабичӏо. Гьелъие ккана гьадинаб гӏилла. Хаслихъе киналго колхозчагӏи рахъинаруна картошка бахъизе. Патӏиматил эбелалъухъе ккана, кӏикъого метралъул халалъи бугеб, картошкаялъул анкьго кьер бахъизе ва колхозалъул складалде щвезабизе. Цо-цо мехалъ хинкӏал къазе кӏоларого кверал унтулей эбелалъе кумек гьабичӏого рес букӏинчӏо Патӏиматил. Жиде-жидер хӏалтӏудаса цоцазде регӏараб хӏалги букӏунароан. Кӏвараб кумек гьабичӏогоги толароан гӏагарлъиялъги мадугьалзабазги.\nЛъица эбелалъеги ясалъеги кумек гьабилеб? Цин жидерго хӏалтӏи лъугӏичӏого, гьазухъ балагьулев чи вукӏинчӏо. Хӏинкъи букӏана цӏадал ран, дунял хекко цӏорозе бугилан. Гьединлъидал Патӏимат анцӏго къоялъ школалде инчӏо. Бухӏараб бакъукь хӏалтӏизе ккана анкьалъ. Рогьалилъго унаан хурире, кодоб лъел хъабаги, лъабго-ункъо хинкӏги, хӏаналъул хъуриги босун. Къаде, бакъ гьалаглъараб мехалъ, свак чучизе – кьижизе, рахчулаан эбелалъ гьабураб басрияб туруталъул чадиралъур. Рокъореги ун, кӏиабизе хурире ине рухӏ букӏунароан.\nХутӏараб лъабго къоялъ пуна цӏорораб гьури… Гьанжего гьанже гӏун бачӏунеб Патӏиматил черхалъе гьеб букӏана гӏезегӏан захӏматаб хӏалтӏи. Цӏунизе лъугьана мугъ, къасиялде гьоролел рукӏана хӏатӏал, рихъ-рихъарал кверал бидулъ ран рукӏунаан. Амма унтарай эбелалъухъ ялагьун, гӏемер гӏарзал рахъизе бокьулароан ясалъе. Къаси-къаси эбелалъ гьелъулги жиндиргоги кверал чурулаан хурдузул лъеца, тӏад бахунаан бетарахь, тӏорахь. Гьеб умумузул даруялъ цодагьаб бигьалъи гьабулаан.\nДунял цӏоролалде кинабго картошка бахъун, гьакидаги лъун складалде баччун лъугӏана. Гьакида гьеб сокӏкӏизеги, гъоркье бахъизеги цӏакъ кумек гьабуна эбелалъул гьитӏинав вацгӏаласги хурир рукӏарал мадугьалзабазги.\nХӏалтӏи лъугӏун нахъисеб къоялъго Патӏимат гӏедегӏана школалде. Цо къоялъгӏаги свак чучизе рокъой чӏаян абурал эбелалъул рагӏабазухъ гӏинтӏамичӏого, радал яс ана хъаладухъе. Нухда гьей хӏисаб гьабулей йикӏана, цӏакъго нахъе ккун йигодай жийгоян. Хадуй гъезе гӏоло, жиндицаго цӏали тӏаде босизе бугеб хӏалалъул пикрабазда йикӏана Патӏимат.\nРокъоса къватӏие яхъине лъугьараб мехалъ, имгӏалас школалде ретӏине рукъун рукӏарал мачуязда жанире инчӏо гьорорал хӏатӏал. Эбелалъ нахъа рокъоса росун рачӏана, жинцаго цо кӏудияб байрамалде гурони ретӏунел рукӏинчӏел калошал. Гьел щун рукӏана Патӏиматил эбел Марзигатие рагъ байбихьилалдего ликбезалъул цӏалдохъабазда гьоркьоб цӏализе-хъвазе тӏоцебесеб бакӏ кквеялъ. Къанагӏат гурони цере рахъулароан калошал Марзигатица. Кӏиго бахӏаралъухъе кьун рукӏана гьел ретӏине, бертин лъугӏарабго, нахъе щвезаризе къотӏигун. Гьанже жиндицаго росун ясалда цере лъуна эбелалъ калошал. Кӏиго-лъабго размералъ кӏудиял ругониги, ясалъул гьорорал хӏатӏазда гьел цӏакъ данде ккана.\nКалошал сабаблъун…\nНечон холаго, классалда жание лъугьана Патӏимат. Учителас киназдаго лъазабуна, тӏаде рахъаян, нилъер министр ячӏун йигилан, жиндиего бокьараб мехалда гурони, школалде яккуларей. «Хӏатӏиде балагье цо, унго-унгояв хӏакимчиясул гӏадинал калошал руго. Гьурмадеги балагье! Букӏаниги, цодагьаб яхӏ-намусги хутӏун буго гьалъул гьурмалъ, багӏарлъун йигеб куцалде балагье» — ян «гӏакълудал» рагӏаби рехулев вукӏана учитель.\nГьумер хӏакъикъаталдаги букӏана билбагӏарлъун, бакъуца бухӏун, гьороца хъачӏлъизе гьабун. Гьеб цӏакъ унтулеб, судулеб букӏана.\nТӏаде рахъун, гогьдаризе лъугьарал лъималазул релъиги, учителасул ургъичӏого абурал рагӏабиги рекӏелъ хӏунсарай Патӏимат, нуцӏил кӏалтӏасаго нахъ юссун, речӏчӏизе нуцӏаги гьабун, школалдаса нахъе ана. Хадуб учителас ахӏараб жоги бичӏчӏичӏо гьелда, данде ккун кӏалъалезул рагӏабиги эхере инчӏо. Магӏил цӏун бералгун рокъое щварай Патӏиматица эбелалда лъазабуна жий токӏалъ школалде ине гьечӏилан абун.\nУчитель вачӏун вукӏана гьелда хадув рокъове, тӏаса лъугьаян, школалде ячӏине ккелилан гьарун. Амма доб бакӏаб хӏалтӏуца бусаде ккезаюна эбел. Гьелъул тӏалаб гьабизе аскӏов тезе чи вукӏинчӏо. Патӏиматида кинго кӏочене кӏолеб букӏинчӏо учителасул рагӏабиги, гӏагӏаялда релъулел рукӏарал лъималазул гьаркьалги. Гьелъ тӏокӏалъ гӏамал гьабичӏо школалде ине…\nУнтарай эбелалъул тӏалабги гьабун, гьелда цееса колхозалъул хӏалтӏуде яхъине лъугьана Патӏимат. Кие кканиги, щиб хӏалтӏи тӏад къаниги, ракӏбацӏцӏадго, рагӏа-ракьанде щун гьабизе гӏамал гьабулаан гьелъ. Лъица кумек гьараниги, екерун гьеб гьабизе хӏадурун йикӏунаан гьитӏинай колхозчӏужу. Колхозалъул председателас бригадирасда лъазабунги букӏун буго, Патӏиматида цӏакъго бакӏаб хӏалтӏи малъугеян. Бигьаяб хӏалтӏи кисаха балагьилеб, кинабго квераз гьабулеб, машинаби къанагӏатаб, техника дагьаб заманалда.\nРакӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ колхозалъул правлениялъги колхозчагӏазул собраниялъги Биасланова Патӏимат йихьизаюна хӏукуматалъул шапакъаталъе мустахӏикъайлъун. 17 сонцин тӏубан букӏинчӏо Патӏиматил, гьелъие 1948 соналда «За доблестный труд в Великой Отечественной войне» абураб медаль кьураб мехалда."}
{"slug": "7568-magiarulazul-tiotsevesev-gialimchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7568-magiarulazul-tiotsevesev-gialimchi", "title": "Магӏарулазул тӏоцевесев гӏалимчи", "date": "2020-03-18 06:22:45", "categories": ["insan"], "text": "Гьавуна Гӏанди округалъул Аргъвани росулъ Шамил имамасул наиблъун вукӏарав Муртазагӏалил хъизамалда. Гӏ. Шамхаловасул эбел йикӏана Кӏаратӏа росулъа. Лъабго чӏужу ячарав Муртазагӏалил букӏана 13 лъимер – 7 вас ва 6 яс. Васазда гьоркьов бищун гьитӏинав Гӏабдулатӏип вукӏана. Гьес щуго сон бараб мехалда хвана гьесул эбел. Жеги кӏиго соналдасан хвана эменги.\nГьитӏинго бесдаллъарав Гӏабду-латӏип кӏудиял вацазул – Асадулагьилги Пахрудинилги цӏобалде ккана. 1908 соналда гьез гьитӏинав Гӏабдулатӏип кьола гӏараб гӏелму цӏализе росуцояв гӏалимчи Гъайирбегов Гӏисахъе. Хадув Болъихъ судалъул депутатлъун вукӏарав Пахрудиница Гӏабдулатӏип жиндаго аскӏове вачуна. Къад хьвадулаан Болъихъ светияб школалде, къаси кӏудияв вацас кьолаан гӏараб гӏелмуялъул дарсал.\n1913 соналда гьес тӏокӏлъигун школа лъугӏидал, учительзабаз Пахрудинида гьарана Гӏабдулатӏип Темир-Хан-Шураве реалияб училищеялде цӏализе витӏеян. Амма Пахрудиние гьеб «капурзабазул» цӏали рекӏее гӏечӏо ва гьес чӏванкъотӏун инкар гьабуна. Амма Гӏабдулатӏипица гьесие рагӏи кьуна Шураве виччани, мударисги валагьун цадахъго гӏараб гӏелмуги цӏалилин. Училищеги лъугӏун, 1919 соналда Гӏабдулатӏип Аргъваниве тӏад вуссана ва довго Гӏ. Гъайирбеговасда цеве цӏализе лъугьана. Дол рукӏана Дагъистаналда граждан рагъул цӏа боркьарал 1919-1920 сонал. Гӏабдулатӏипил кӏудиял вацаз Хӏоцоса Нажмудинил рахъ ккуна.\n1920 соналда Шурагьиб Совет власть бергьанилан рагӏидал, Гӏабдулатӏип гьениве гочана ва халкъияб лъай кьеялъул отделалъул инструкторлъун хӏалтӏана. Амма гьенив гӏемер мехалъ хӏалтӏизе рес ккечӏо. Октябрь моцӏалда Гӏандиб округалда байбихьана революциялда данде чӏаразул багъа-бачари. Гьез къана киналго советиял идараби. Хӏоцоса Нажмудинил ва Хъайтмаз Гӏалихановасул аскараз Болъихъ росу бахъидал, Гӏабдулатӏип Аргъваниве лъутана. Гьев тӏамуна росдал ревкомалъул председательлъун, хадув кӏиго моцӏалъ гьев хӏалтӏана Мелъелтӏа участкаялъул ревкомалъул секретарьлъун. Гьениса Гӏ. Шамхалов витӏана цевехун хӏалтӏулев вукӏараб Болъихъе, амма Цӏунтӏа жеги рагъал унел рукӏиналъ, лъай кьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏизе рес букӏинчӏо. Цо моцӏалъ гьев хӏалтӏана Гӏанди округалъул милициялъул секретарьлъун, цинги Сагӏид Габиевас гьев Буйнакскиялде ахӏана областалъул лъай кьеялъул отделалда хӏалтӏизе ва лъималазе магӏарул мацӏалъул дарсал кьолеб школа рагьизе тӏадкъана. Гьелдаго цадахъ Гӏабдулатӏип цӏалулев вукӏана пачалихъияб техникумалъул учительзаби хӏадур гьарулеб хасаб отделениялда. 1922 соналъул риидал гьес математикаялъул дарсал кьолел рукӏана Буйнакскиялъул педтехникумалдаги.\n1923 соналъул августалда Дагъистаналъул лъай кьеялъул комиссариаталъ Гӏабдулатӏип витӏула Москваялде Бакъбаккул халкъазул институталде гӏарабгун перс мацӏазул факультеталда цӏализе. 1927 соналда гьеб лъугӏидал восула аспирантураялде. Гӏ. Шамхалов вищула РСФСРалъул ЦИКалда цебе гӏуцӏараб цӏияб алипалъул (алфавиталъул) Тӏолгороссиялъул комитеталъул членлъун, 1928 соналда – Дагъистаналъул мацӏазе хӏадур гьабураб цӏияб латин алипалъул авторазул цоявлъунги. 1929 соналда аспирантура лъугӏигун Гӏабдулатӏип хӏалтӏизе восула Бакъбаккул халкъазул институталъул гӏараб мацӏалъул мугӏалимлъун, СССРалъул гӏелмабазул академиялде гӏелмияв хӏалтӏухъанлъунги. Гӏ. Шамхалов вукӏана Дагъистаналда советияб гӏуцӏиялда вахъарав тӏоцевесев гӏалимчи. 1921 соналда гьев редакторлъун вукӏана республикаялъул магӏарул мацӏалда бахъу-\nлеб «Багӏарал мугӏрул» газеталъул.\nДАССРалъул нухмалъиялъул гьариялда рекъон, гӏолохъанав доцент Москваялдаса Махӏачхъалаялде тӏад вуссана. Гӏ. Шамхалов тӏамуна Дагъистаналъул халкъазул миллияб культураялъул гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталда отделалъул нухмалъулевлъун. Гьес кӏудияб кӏвар кьолеб букӏана магӏарулазул некӏсиял халкъиял асарал ракӏариялде, гьезул гӏелмияб цӏех-рех гьабиялде. Тӏадчӏун хӏалтӏулев вукӏана магӏарул мацӏалъул грамматикаялда тӏад. Гьеб хӏалтӏул хӏасилалда 1931 соналда басмаялда бахъана «Магӏарул мацӏалъул битӏун хъваялъул къагӏидабазул мажмугӏ», басмаялда бахъизе хӏадур гьабуна «Магӏарул мацӏалъул диалектал» абураб монографияги. Гьес хӏадур гьабураб тӏоцебесеб «Магӏарул-гӏурус» словарь 1936 соналда басмаялда бахъана Гӏабдулатӏипил гьудул ва мугӏалим, машгьурав гӏалимчи, профессор Л. И. Жирковас.\nГӏ. Шамхаловас гӏурус мацӏалде таржама гьабун цогидал миллатазул цӏалдолезе «рагьана» Хъахӏабросулъа Махӏмуд. Гӏабдулатӏипица ракӏарун, гӏуцӏун данде гьарун къватӏире риччана – «Хъахӏабросулъа Махӏмудил кучӏдузул кӏиго мажмугӏ» (Буйнакск, 1926 сон), «Хъахӏабросулъа Махӏмудил кучӏдузул мажмугӏ» (1928 сон), «Авар миллаталъул некӏо заманаялъул кучӏдулги харбалги данде гьабураб мажмугӏ» (1929) – абурал тӏахьал. Гьенире данде гьарун рукӏана Махӏмудил, Инхоса Гӏалихӏажиясул, Цӏадаса Хӏамзатил, Гьаракӏуниса Гӏабдурашидил асарал. Гьеб тӏехь хехго тӏибитӏана ва машгьурлъана магӏарулазда гьоркьоб.\nМагӏарулазул гьунар бугев хъвадарухъан ва журналист, 25 соналъ аваразул республикаялъулаб газеталъул редакторлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Шамхаловас гьеб тӏехьалъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Кисаяли дида лъаларо, доб заманалда дир гьудул Асхӏабихъе щвана Мавраевасул типографиялъ къватӏибе биччараб аваразул кучӏдузул мажмугӏ. Гьеб гӏажам хатӏалъ авар мацӏалда кьабун букӏана. Данде гьабун букӏана Аргъваниса Гӏ. Шамхаловас. Гьеб тӏехьалъул букӏараб къиматха магӏарухъ. Гьелъухъ Асхӏабие маузер кьолеб букӏана. Маузералъухъ доб мехалъ гӏака щолеб букӏана», — абун.\n2011 соналда Россиялъул гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъ къватӏибе биччана Гӏ. Шамхаловасул «Некӏсиял аваразул кучӏдузул ва харбазул мажмугӏ» абураб тӏехь. Гьеб институталъул рукописный фондалда цӏунун буго Шамхаловас гӏажамалъ хъварал аваразул халкъиял кучӏдузул 14 папка. Гӏ. Шамхаловасул Аллагьасго кьураб пагьму-гьунар букӏиналъе нугӏлъи гьабула гьесда анлъго батӏияб мацӏ – лъарагӏ, гӏурус, гӏараб, немец, паранг, турк – щвалде щун лъалеб букӏиналъги.\nКъокъабго гӏумруялда жаниб магӏарулазул адабияталда ва маданияталда гьес гьабураб хӏалтӏи бергьун кӏудияб буго. Гьаризе ругел ишазул планалги къасдалги гьесул гӏемерал рукӏана. Пайда щиб, доб заманалъул репрессиязул квачӏикье ккун талихӏ къосана Гӏабдулатӏипил.\n1933 соналъул щуабилеб январалда Шамхалов ОГПУялъ жанив тӏамуна. Гьебго соналъул 13 октябралда ОГПУялъул тройкаялъ хӏукму гьабуна: «Гумбет района-лъул Аргъвани росулъа цӏакъго бечедав кулакасул вас, 33 сон барав Гӏабдулатӏип Шамхалов, Уголовнияб кодексалъул 58 статьяялъул\nкӏиабилеб пункталда рекъон, анцӏго сонил болжалалъе лагералде витӏизе». Гьелдаса нахъе Шамхаловасул хӏакъалъулъ хабар къотӏана.\nГьанибго абизе ккола, доб заманаялъ политикиял гӏайибал гӏунтӏизаризе ккани, гӏемераб мехалъ гӏелмиял хӏалтӏабазул жидее данде кколеб анализ гьабулеб букӏана. Тӏадехун рехсараб аваразул фольклор данде бачараб тӏехьалъе гьабун букӏана ОГПУялъе данде кколеб гьединабго анализ.\nДагъистаналъул гӏелмияб цӏех-рехазул институталъул директор Ибрагьим Гӏалиевас Шамхаловас хъвараб тӏехьалъул анализ гьабураб макъалаялда гьадин хъвалеб буго: «Гьеб буго идеологияб рахъалъ зарал гьабулеб тӏехь.\n…Гьениб бугеб чанго кечӏ халкъалъухъе кьей ккола дагъистаниязда гьоркьоб гӏарабистазул, имаматалъул, шайихзабазул ва революциялда данде чӏараб цоги идеология тӏибитӏизаби», — абун.\nГьеб анализалда рекъон ОГПУялъ Гӏабдулатӏип Шамхаловасде гӏунтӏизабуна киданиги букӏинчӏеб революциялда данде чӏараб гӏуцӏиялъе нухмалъи гьабиялъул гӏайиб, гьединго «национализм», «панисламизм» ва гь. ц.\nРакьцоясул къисматалъ пашман гьавурав гьунар бугев магӏарул шагӏир Мелъелтӏаса Гӏабас Шейховас гьесде гьабуна рекӏее асар гьабулеб магӏу-кечӏ:\nНадалде гӏунтӏичӏеб лъедерабго кар,\nЦӏороберал рараб бихьинаб гьумер.\nБице, Микагӏилов, киве арав дов –\nКунчӏи бихьилалде\nтӏерхьун бугин цӏва.\nХъвалаго хутӏараб гӏелмияб хӏалтӏи,\nБахъизеян абун нахъе лъураб тӏехь.\nТӏегь балаго хвелалъ\nкъотӏараб гӏаркьел,\nТӏор балаго цӏералъ\nчӏвараб тӏабигӏат.\nМагӏарухъе рогьел рехулеб мехалъ,\nКъисматалъ вижарав\nлъаялъул лъимер,\nМугӏрул газетаялъ бана духъ чӏегӏер,\nГӏазул тӏогьаз балъго\nтӏуна духъ магӏу.\nТӏоцевесев гӏалим, гӏадатав инсан,\nГӏодобе биччараб тамахаб кӏалъай.\nГьечӏо гӏадан рокъов\nкъан буго нуцӏа,\nКъеда сагӏат буго досухъ гӏодулеб.\nДун пикрабалъ вуго довгун сардида,\nСоролеб, цӏоролеб буго дир хиял.\nКъисматалде гӏайиб рехун щибилеб\nКъваридаб гьинал ракӏ\nлъиде чучилеб.\nЦӏияб кечӏ хъвалищан\nдида гьикъизе,\nРекӏелъ цӏакъ рекъараб критикагун,\nПахрулъи гъанкъулеб\nхинаб рецц-бакъгун,\nДун валагьилалде гьечӏо ракьцояв.\nЦӏакъ рикӏкӏада довги,\nпикрабалъ дунги.\nГьечӏо гӏадан рокъов,\nкъан буго нуцӏа,\nКъеда сагӏат буго досухъ гӏодулеб.\n1962 соналъул 16 марталда Дагъистан АССРалъул Верховный судалъул хӏукмуялда рекъон,\nДАССРалъул ОГПУялъул тройкаялъул 1933 соналъул 13 октябралда гьабураб хӏукму законияб гуреблъун рикӏкӏун буго ва дело къан буго гӏайиб чӏезабизе кӏвечӏолъиялда бан."}
{"slug": "7569-khiak-ik-at-kazbek-rajonalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7569-khiak-ik-at-kazbek-rajonalda", "title": "«Хӏакъикъат» – Казбек районалда", "date": "2020-03-18 06:37:29", "categories": ["magiarukh"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазул хӏукму ккана росабазул жамагӏатазулгун дандчӏваял гьариялъул мурадалда, «Хӏакъикъат» — пуланаб районалда» абураб ахӏиялда гъоркь, тадбирал тӏоритӏизе. Гьелъул мурадги ккола халкъалъулгун бухьен щула гьаби; рахьдал мацӏалъул, адабияталъул бугеб ахӏвал-хӏал лъазаби; миллаталъул гӏолел ва гӏоларел рахъал цӏехей, гьел газеталда рахъи; гӏолохъанал мухбирзабазе, журналистазе кумек гьаби; газеталъе подписка гьабиялъе квербакъи букӏинаби.\nЖакъа Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ бищунго цӏикӏкӏараб магӏарул миллаталъул гӏемерал лъикӏал рахъазда цадахъго руго тӏад ургъизе ккарал цо-цо суалалги. Тӏоцебесеб иргаялда, гьел руго цоцалъ гьуинго рукӏиналъул, гъункиялъул, магӏарулазул гӏумруялъул даражаялъул, хӏалтӏудалъун хьезариялъул суалал. Бакӏазда гьарулел дандчӏваяздасан, газетазул гьурмаздасан нилъер рес буго гьезул хӏакъалъулъ щивасул пикру рагӏизе ва гьеб хӏисабалде босизе.\nГьаб нухалда гьоболлъухъ ине ракӏалде ккана Казбек районалде. Гьединлъидал, гьенире иналде районалъул ва гӏадамазул хӏакъалъулъ бицине, гьезул гӏумру-яшав бихьизабизе хӏукмуги ккана.\nЖакъа районалъул бетӏер ккола Хӏажимурад Мусаев. Гьев гьавуна 1979 соналда Буртунай росулъ.\n1999 соналда лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул автомобилазулгун нухазул колледж, 2010 соналда Москваялда — юридикияб ‎академия.\nХӏалтӏана «Леспромбанкалда, ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялда.\n2007 соналда хӏалтӏана Казбек РОВДялда.\n2009 соналда тӏамуна РОВДя-лъул начальниклъун.\n2014 соналъул 25 июлалдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Казбек районалъул бетӏерлъун.\nХӏ. Мусаев ккола рагъулал лъугьа-бахъиназул ветеранги.\nБаян\nКазбек районалда буго 15 школа, 14 лъималазул ах, районалъулаб централияб\nва кӏиго участкаялъулаб больница, тохтурзабазулаб кӏиго амбулатория, фельд-шерлъиялъулгун акушерлъиялъул (ФАП) 9, фельдшерлъиялъул 5 пункт."}
{"slug": "7570-deputatal-khialtiula-khalk-al-e-giolo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7570-deputatal-khialtiula-khalk-al-e-giolo", "title": "Депутатал хӏалтӏула халкъалъе гӏоло", "date": "2020-03-18 06:41:45", "categories": ["magiarukh"], "text": "2015 соналъул 13 ноябралда гӏуцӏана районалъул депутатазул VI ахӏиялъул собрание. Жакъа къоялде тӏобитӏун буго 38 сессия. Гьениб гьоркьоб лъун буго 165 хӏукму ва гьезда гьоркьор руго нусгоялдасаги цӏикӏкӏун правовиялгун нормативиял актал.\nДепутатаз гьоркьор лъезе росулел цо-цо суалал дандрала прокуратураялъул хӏалтӏухъабаздаги.\nДепутатазул хӏалтӏул хаслъилъун буго кинабго рагьун гьаби. Гьелъ рес кьола хӏалтӏулъ гъалатӏал риччангутӏизе.\nДепутатазул собрание хӏалтӏула администрациягун цадахъ.\nРайоналъул экономикиябгун социалияб цебетӏеялъул суал бараб буго росабазул администрациял, депутатал лъикӏ хӏалтӏиялда. Гьединлъидал нижеца кӏвар кьола бакӏазда хӏалтӏи пайда кьоледухъ гӏуцӏиялде.\nЖакъа республикаялъул гӏеме-рисел программаби софинансированиялда рарал ругелъул, нижеца хӏаракат бахъула жидерго гӏарац жамгӏиял ишазе харж гьабизе хӏадурал инвесторал ралагьизе.\nНиж рохарал руго республикаялда 2019 магӏишатияб соналъул хӏасилал гьарун хадуб Казбек районалъ тӏоцебесеб бакӏ кквеялдаса ва грант щвеялдаса. Гьелъ нугӏлъи гьабула ниж битӏараб нухда рукӏиналъеги.\nРайоналъул собраниялъул депутатазул аслиял масъалабазул цояблъун ккола гӏолеб гӏелалъе битӏараб тарбия кьеялъул суалазде кӏвар буссинаби, гьел ватӏан бокьулеллъун куцай.\nПатриотизм куцаялъул рахъалъ\nлъикӏаб мисаллъун рикӏкӏине бегьула Россиялъул президентасул администрациялде кагъатги хъван, Кӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏаралдаса 74 сон тӏубаялъул хӏурматалда, рагъул ветеран, Ленинаулалдаса Гӏабдурахӏман Мухӏамадовасе Ватӏанияб рагъул кӏиабилеб даражаялъул орден кьей.\nРайоналъул депутатазул собраниялъул заман лъугӏула исана хасалихъе. Гьелда бан нижеца хӏадурулеб буго депутатаз щуго соналда жаниб гьабураб хӏалтӏи бихьизабураб хасаб буклетги."}
{"slug": "7571-rajonal-ul-khiak-al-ul-k-ok-al-bayanal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7571-rajonal-ul-khiak-al-ul-k-ok-al-bayanal", "title": "Районалъул хӏакъалъулъ къокъал баянал", "date": "2020-03-18 06:43:11", "categories": ["magiarukh"], "text": "ДАССРалъул ЦИКалъул ункъабилеб сессиялда, 1928 соналъул кӏиабилеб ноябралда, къабул гьабула республикаялда районал гӏуцӏиялъул цӏияб проект. Гьелда рекъон, Хасавюрт округалда гьоркьоб букӏараб Казбек участкаялъул бакӏалда гӏуцӏула Казбек подкантон. Хасавюрталъул кантоналда гьоркьоб букӏараб гьелъул центрлъун букӏана Хубар росу. 1930-1931 соназда райцентр букӏана Гуни росулъ. Хадуб гьеб бахъана Дилималде.\n1929 соналъул лъабабилеб июналда, ДАССРалъул ЦИКалъул хӏукмуялдалъун подкантоналъул цӏар хисизабуна подрайоналде. 1930 соналъул 25 декабралда, ВЦИКалъул хӏукмуялдалъун, Дилим росулъ центргун, гӏуцӏана Казбек район. Районалъе кьуна Дагъистаналъул машгьурав революционер Султан-Сагӏид Казбековасул цӏар.\nКазбек район буго Чачан республикаялъул гӏорхъода. Аслияб куцалда гӏумру гьабун руго магӏарулалги чачаналги.\n1944 соналда чачанал хӏал гьабун Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинарун хадуб, Казбек районалде гьоркьоре кьуна Гӏавухъ районалдаса чачаназул кӏиго росу: Юрт-Аух ва Акташ-Аух. Хадуб гьезул цӏарал хисизаруна Калининаул ва Ленинаул абун.\n***\n1972 соналда Дагъистаналда тӏоцебе районалъул рохьазде бачун бачӏана тӏанкӏал ругеб 50 ритӏучӏ. Гьанже гьезул къадар бахуна 1500 бетӏералде. Багӏараб тӏехьалде росарал тӏанкӏал ругел ритӏучал гӏезарулеб Алмахъалда бугеб ферма ккола нилъер республикаялъул чӏухӏилъун.\nРайоналда рохьил магӏишат цебетӏезабиялъе кӏудияб хӏалтӏи гьабуна И. Хӏусеновас, М. Гьитӏиновас, В. Акановас, А. Лалаевас, Г. Хӏайбулаевас, Ш. Ибрагьимовас, М. Мамайхановас, Г. Султӏанмурадовас, К. Юсуповас, М. Гӏумаровас, А. Герехановас, З. Хӏамзатовас ва цогидазги.\n***\nТуристазда ва гьалбадерида Казбек район лъала тӏабигӏат берцинаб бакӏлъун. Гьезда гьоркьоре ккола Сулахъалъул ва Алмахъалъул жанирлъаби, Горенжо ва Чӏегӏераб хӏорал, Гӏарцул-нохъо, Инчхаялъул расалъи, Алмахъалъул некӏсиял хутӏелал.\nРайоналда буго гӏадамал сах гьариялъе жиндаса пайда босулеб чӏабтӏилгун водородалъул хӏарщги.\nГьабсагӏаталда Казбек районалда гӏумру гьабулеб буго 48668 чияс, районалда хӏалтӏулел руго 15 школа, 14 лъималазул ах, районалъулаб централияб ва кӏиго участкаялъулаб больница, тохтурзабазулаб кӏиго амбулатория, фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул (ФАП) 9, фельд-шерлъиялъул 5 пункт.\n***\nКазбек район гӏуцӏаралдаса, гьелъул гӏорхъабазул ккана гьал хадусел хиса-басиял: 1928 соналъул ичӏабилеб декабралда бахъараб ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун Данухъ росдал совет кьуна Гумбет подкантоналде гьоркьобе;\n1929 соналъул 27 январалда, ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хӏукмуялда рекъон, Басрияб Чӏикӏаб росдал совет рехана Буйнакск кантоналде;\nДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун, Гӏаркьухъ росдал совет кьуна Гумбет районалде гьоркьобе;\n1944 соналъул щуабилеб июналда, ДАССРалъул Верховный Советалъул (ПВС) Президиумалъул хӏукмуялда рекъон, Бавтугъаялъул росдал совет кьуна Гъизилюрт районалде;\n1944 соналъул анкьабилеб июналда, РСФСРалъул ПВСалъул указалдалъун, Цӏияб Лак районалдаса Сталинаул ва Калининаул росабазул советал цолъизаруна Казбек районалде; 1960 соналъул 15 июналда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Миякьоб росдал совет Гъизилюрт районалде кьуна;\n1963 соналъул тӏоцебесеб февралалда бахъараб, РСФСРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Гумбет районалдаса Аргъвани, Гӏаркьухъ, Данухъ, Ингишо, Мелъелтӏа, Лъа-ратӏа ва Щабдухъ росабазул советал цолъизаруна Казбек районалде;\n1964 соналъул 18 февралалда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда-лъун, гьел росаби цӏидасан кьуна Гумбет районалде;\n1963 соналъул 16 марталда,\nДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Миякьоб, Чӏиркъатӏа, Тӏад ва Гъоркь Инхо, Килалъ росабазул советал рехана Болъихъ районалде; 1967 соналъул анлъабилеб июлалда бахъараб ДАССРалъул ПВСалъул указалдалъун, Миякьоб росдал совет кьуна Гъизилюрт районалде;\n1971 соналъул 18 августалда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда-\nлъун, Хасавюрт районалдаса Цӏобокь росдал совет бачана Казбек районалде; 1975 соналъул 14 марталда,\nДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, гьеб цӏидасан кьуна Гъизилюрт районалде."}
{"slug": "7572-salataviyal-ul-bakhiarzal-vatianiyab-rag-da", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7572-salataviyal-ul-bakhiarzal-vatianiyab-rag-da", "title": "Салатавиялъул бахӏарзал – Ватӏанияб рагъда", "date": "2020-03-18 06:46:18", "categories": ["magiarukh"], "text": "Рагъул заманалда кинабниги гӏуцӏиялъул иш, халкъ бергьенлъи босизе бахъинабиялъул, хӏалтӏи цебетӏезабиялъул суалал тӏаде кколаан партиялъул райкомалде. Гьеб заманалда гьелъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏана Хӏажиев Гӏабдукъадир.\nРайоналъул росабалъа рагъде ана 2797 чи. Гьезул тӏад руссинчӏо 1678-ял. Рукӏана мисалал тӏубараб хъизамго ватӏан цӏунизе иналъулги. Лъабго ва цӏикӏкӏун васал фронталде ана чанго хъизамалдаса. Дилималдаса вацал Гӏабдурахӏман, Гӏабдулхӏамид, Гӏабдулатӏип, Камил Беркихановал; Мухӏамадхӏабиб, Мухӏамадмансур ва Халид Темирбулатовал; Мада, Тимур ва Деде Гӏабдулмуслимовал; Буртунаялдаса – Абубакар, Гӏабдула, Ама Гереевал; Ахӏмад, Идрис, Мухӏамад Магьдихановал; Муса, Сайгит, Юсуп Сайгитовал; Асхӏаб, Ибрагьим, Зирал Гӏалиевал; Башир, Расул, Сулайман Уладиевал; Насрула, Будун ва Хайрула Акилаевал; Хубаралдаса – вацал Асадула, Асса, Султангӏали ва Чупалав Арсланбеговал; Гъозталаялдаса Адил, Аскерхан ва Имангӏали Байрамгӏалиевал; Гӏабдулманап, Гӏабдулгӏазим ва Басир Шираздиновал; Алмахъалдаса – Забит, Зулумхан, Гьашим Насрудиновал; Асадула, Гӏабдула, Басир ва Камил Хӏасановал; Гъамбулат, Гӏумар ва Улуби Муртазгӏалиевал; Гӏабдулмалик, Самад, Халипав Хамаловал; Къурбанав, Насрула, Янда Нуцалхановал; эменги васги Наби ва Гӏалисултан Гӏамиргӏалиевал; Ихаса – Абук, Гӏабдулбасир, Хӏасан ва Мухӏамирза Мухӏамадовал; Гертмаялдаса – Абутӏалиб, Мухтар ва Мухӏамад Дибировал ва гӏемерал цогидалги.\nРагъул шартӏазда унго-унгояб бахӏарчилъи бихьизабуна Гертмаялдаса гвардиялъул кӏудияв сержант Мухӏамад Гӏабдулаевас, Гуниялдаса жиндиего бокьун, 1941 соналъул июлалда рагъде арав, А. Невскиясул орденалъе мустахӏикълъарав батареялъул командир, капитан Хӏажигоро Хӏажигороевас ва капитан Гӏабдулвагьид Муслимовас, Буртунаялдаса ротаялъул командир, кӏудияв лейтенант Батирхан Мидиевас, Цӏобокьа майор Исмагӏилхӏажи Дарбищевас, Ихаса офицер Зубаир Сайдулаевас, Дилималдаса взводалъул командир Ансарияв Шарапудиновас, Ленинаулалдаса Шамсулвара Абакаровас, Алмахъалдаса Муса Давурбеговас, Буртунаялдаса Расул Хайрулаевас ва цогидазги.\n1943 соналда гӏарзаги кьун фронталде арав 153 гӏолиласул тӏад вуссинчӏо 120-яв.\nВКП(б)ялъул райкомалъул ахӏи-\nялда рекъон, ватӏаналъул гӏорхъаби щула гьариялъулъ гӏахьаллъи гьабуна 3000-ялда-\nсаги цӏикӏкӏун захӏматчияс. Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе гӏоло 677 чи мустахӏикълъана «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» медалалъе, 2376-ясул каранда рана «Ватӏанияб рагъул заманалда рухӏалда барахщичӏеб захӏматалъе гӏоло» медалал, 42-ясе кьуна\nДАССРалъул Верховный Совета-лъул Президиумалъул Грамотаби.\nРайоналъ пачалихъалъул оборонаялъул фондалде кьуна 14212 тонна тӏощалил, гьанал, картошкадул, квасул. Бергьенлъи гӏагар гьабизе кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб букӏана алмахъазул Ленинил цӏаралда бугеб колхозалъул председатель Сайипов Мухӏамадица, буртабазул Ворошиловасул цӏаралда бугеб колхозалъул председатель Гӏумаханов Нугъамирзаца, дилимазул Кировасул цӏаралда бугеб колхозалъул председатель Ибрагьимов Юсупица, Ахтачгӏавухъалъул «Красноармеец» колхозалъул председатель Эжуев Батӏалица, гуниязул «Цӏияб гӏумру» колхозалъул председатель Шугӏайп Хӏасановас.\n1944 соналъул 19 декабралда Гуни росдал захӏматчагӏазухъе СССРа-лъул яргъилал къуватазул бетӏерав командующиясул рахъалдасан бачӏана фронталъе гьабураб кумекалъухъ баркала загьир гьабураб кагъат. Гьелда хъван буго:\nИз Москвы № 303656\nВысшая Правительственная\nДылым Пред. Сельсовета с. Гуни Казбековского района Абасову\nКопия Пред. колхоза «Новая жизнь» Гасанову\nКопия Секретарю первичной парторганизации Ханбутаевой\nПередайте колхозникам зпт колхозницам «Новая жизнь» зпт собравшим 25000 рублей деньгами, картофель, зерно, скот, вещи в Фонд семей фронтовиков зпт мой братский привет и благодарность Красной Армии.\nИосиф Сталин\nПринято 19/Хӏӏ- 44 год 11-30\nсел. Дылым\nРайоналъго оборонаялъул фондалде кьуна 415 азарго гъурущ, «Дагъистаналъул колхозник» танказул колонна гӏуцӏизе 220 гъурущ, М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб бронепоездалъе – 360 азарго гъурущ. Районалъул школьниказ «Гӏолохъанав пионер» абураб авиазвено гӏуцӏизе бакӏарана 17 азарго гъурущ. Гьелда тӏадеги, меседил ва гӏарцул къайи, ретӏизе ретӏел кьуна фронталъе.\nГӏемерал мисалал руго гӏадамаз жалго бетӏергьанаб гӏарац фронта-лъул хӏажатазе кьеялъулги.\nРохизе ккараб хӏужа буго 1944 соналъул 12 июналда, «Дагъистаналъул правда» газеталъул гьурмаздасан захӏматчагӏазде фронталъе гьабулеб кумек дагьабги цӏикӏкӏинабейин казбекалъулазул харабаз хитӏаб гьабиги.\nГьелдаса хадуб ана 75 сон. Жакъа къоялде Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул чӏаго руго кӏигоял: Ленинаулалдаса Мухӏамадов Гӏабдурахӏман ва Алмахъалдаса Харсмухӏамадов Мухӏамад. Чӏаго руго рагъда россал тӏагӏарал руччабазул 15-яйги."}
{"slug": "7573-rak-igi-bikhana-zakhimal-igi-khiekhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7573-rak-igi-bikhana-zakhimal-igi-khiekhana", "title": "Ракъиги бихьана, захӏмалъиги хӏехьана", "date": "2020-03-18 06:49:10", "categories": ["magiarukh"], "text": "88 сон барай Аминат Гӏабдулмуслимовалъул ракӏалдещвеял\nРагъул заман букӏана, кутакаб ракъиги букӏинарищха. Калининау-лалде гочинарилелде цебе, ракӏалда буго, ниж рачун рукӏана хьарал хьонал рахчизаризе. Нижеца гьел рахчизарулаго, цониги мугь кӏалдиб лъеладаян, хадуб халкквейги чӏезабун букӏунаан…\nОтаралда, Чуричуризоялда ру-кӏана инсул яцал. Рагъул заманалда гьезухъе унаго загьруяб харилъ баккараб лъабго мичӏчӏ щвана дие кваназе. Ракъуца холел гӏадамаз бакӏарун, кванан, сверухълъиялда букӏинчӏо хутӏун щибго кваназе бегьулеб гӏурччинлъи…\n…Дун цӏакъ хӏалтӏулей чӏужу йикӏана. Руго медалал лъикӏ хӏалтӏаралъухъ щварал. Дун кколаан захӏматалъул цеехъан, росдал депутат, колхозалъул правлениялъул член…\nГъеж бекун букӏана дир. Гьединаб гъежгун диргоги, эбел (якьад – авт.) Зулайбатилги хурзал гьарулаан дица. Гьеб гуребги, хӏалтӏун цере лъугӏарал рачунаан, мобилизация абун, гьаричӏого хутӏарал цогиязул хурзал гьаризе.\nДир эбел Салдат йитӏана Терекалде щулалъиялъул канал бухъизе. Гьениса килищ унтун, гьебги би-гъун, ячӏана нахъе.\n13 сон барай чӏужу ана дун росасе, Зияводиние. Гьелде щвезегӏан дун цоги чиясе абун йикӏана. Цо нухалъ берталъ дида гьев дун абурав вас вихьана кьурдулей цоялъе хъат чӏвалев. Гьеб квеш бихьун, дида ракӏалде ккана дунги чӏужулъун ячӏун мун воххиларилан. Берталъ, чӏужу ячунаго, чода рекӏарас кьилиги лъун, чу лъугьинабулаан жанибе, гьелда бухьунаан кӏаз. Гьедин Зияводиница чу жанибе лъугьинабидал, дун абун вугев васас абуна диде Зияводиниде цо квешаб кечӏ гьабейилан. Кечӏ гьабизе, гьеб ахӏизе махщел букӏана дир. Дица гьев васасе квешезего Зияводиниде бахъана лъикӏаб кечӏ:\nМун веххе хьвадулел\nхалатал нухал\nХвалчаца къотӏани,\nкъокълъилародай?\nДудаги дидаги гьоркьоб щоб буго,\nАллагь шуршудаги\nнилъеда гьоркьов.\nГьедин дов чиги живго тун, дун Зияводиние ана. Доб мехалъ бахӏарай гьакида, ялъуни чангъида рекӏун ячунаан. Гьес дунги чангъида рекӏинаюн ячана. Дун Зияводингун данделъараб мехалъ магьари лъураб гурони, ЗАГС гьабичӏо, 13 сон барай дун рукъалде ине гьитӏинго йигилан. Армиялде инелде ЗАГС гьаби хӏажалъун, Зияводиница Дилималдеги ун, гьений хӏалтӏулей йикӏарай Жарият абурай чӏужуги рекъезаюн, хъвезе жоги кьун, гьабуна нижер ЗАГС…\nНиж данделъун хадув Зияводин армиялде ана. Шиябодин гьавураб мех букӏана. Ункъо сон армиялдаги бан, вачӏана Зияводинги…\nНижер сверуда цояз кьураб цо гӏанкӏу гурони, рокъоб щибго букӏинчӏо. Магӏишат, яшав гьабизе бугеб гъираялъ дица гьеб гӏанкӏу хъвечӏого, цӏунана. Гӏабасил Мухӏамадил чӏужу Жубайзат дир яц йикӏана. Дир эбелалъ абун бачӏана Мухӏамадил гӏака бичун босейила (Гертмаялде учительлъун унев вукӏун, гьесул гӏака букӏана бичулеб). Дица абуна, щибги кьун дица гьезул гӏака босилебилан. Хадуй дир эбел ячӏана Алмахъалдаса дихъе щвезе. Булахъалъул рагӏалда гӏадамазе рикьарал хурзал рукӏана. Гьениб цӏоросаролъ бекьараб хур бихьун бугоан щвезе ячӏуней дир эбелалда.\nГьелъ дихъе щведал, нахъеги абуна доб Мухӏамадил гӏака босе-йилан, багӏарлъун азаликун баккун хӏажинкӏа (цӏоросаролъ – ред.) бугин дур бижулеб, бижидал гьеб кьезе доб гӏака босейила.\nГьедин босана дица гӏака. Гьезги гӏедегӏизабичӏого, нижее гӏарац щведал кьезе тана налъи. Гьеб гӏакдадасан, жеги цо гӏачӏар тӏадеги босун, нижер рокъоб гӏуна щуго чӏегӏерхӏайван…\nЦӏакъ хех хӏалтӏулей чӏужу йикӏана дун. Цо нухалъ чӏарадилаго Забит (Дадич) вачӏана диде аскӏове. Доегӏанисан хӏалтӏулей йихьун, гьеб хӏалалда газа хьвагӏулей щийдаян лъазе вачӏун вукӏанилан абуна гьес. Дица щибха гьабилеб, Аллагьас гьедин хех хӏалтӏизе йижарай йикӏанаха дун. Передовица абун, колхозалдаса щибаб соналъ сайгъатал кьолаан дие. Гьедин кьун ругьунлъун, цо-цояз гьикъулаан исана щиб дуе кьурабилан…\nЦебе заманалда ракъиги бихьана, захӏмалъиги хӏехьана, амма метерисеб къоялде божилъи букӏунаан."}
{"slug": "7574-magiarul-liza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7574-magiarul-liza", "title": "Магӏарул Лиза", "date": "2020-03-18 06:57:18", "categories": ["kultur"], "text": "(Цебесеб 9-абилеб номералда)\n— Доле, Цӏатӏанихъ, — ан магӏарул мацӏалдаги абун, бихьизабуна рихьунисес гьениса бакътӏерхьуде кколеб росу.\n— Цатаних? — ан, гӏажаиблъун, такрар гьабуна Лизаца цебеги рагӏараб, жийго жанисан ун йикӏараб росдал цӏар.\nБалагьун гӏорцӏулареблъун батулеб букӏана гӏурус ясалда, щибаб цӏияб бакӏалдасан батӏияб куцалда бихьулеб, цого сипаталъулин кколеб, амма такрарлъи гьечӏеб магӏаруллъи. Цӏодорай Лизада, гьанжеялде дандчӏварал гӏадамазул гаргаралдасан цере-цересел магӏарул рагӏаби ричӏчӏизегицин лъугьун рукӏана. «Вот – доле», — ян, гьелъ жиндицаго абизецин хӏалбихьулел рукӏана цо-цо гьоркьоса рагӏаби.\nЗама-заманалда гьединал кӏалъа-басаялги гьарулаго, нахъа толеб букӏана гьез халатаб нух. Магӏарул гӏолохъанчияс гӏезегӏан лъикӏ бицунеб букӏана гӏурус мацӏ, амма гӏемер кӏалъалев вукӏинчӏо гӏолилайгун. «Пайзудин» абун, лъай-хъвай гьаби гуреб, гьелда тӏокӏаб щибниги лъалеб букӏинчӏо гьесул рахъалъ. Гьесда Лизаги гьедигӏанго гурого лъалароан.\nКӏиязулго рекӏелъ букӏана цо батӏияб чӏухӏиялъул асар. Лизал – гьаб гьайбатаб ракьалъул гӏадамазе лъаялде нух рагьизе жиндие рес щвеялдалъун. Пайзудинил – кӏудияб дуниял росуцоязе рагьизе мугӏалим жиндицаго ячун ячӏуней йикӏиналдалъун.\nГьоркьохъелдаса борхатаб лагаялъул, хӏалакъккараб черхалъул, берцинаб сипаталъул гӏолохъанчи вукӏана Пайзудин. Гьесда тӏад рукӏана, коммунистазеги комсомолазеги ссиялда рукӏарал, «революциялъулаб» ретӏелги, тӏагъурги, чакмабиги. Бакьулъан рачлида дализабун ханжарги букӏана, бан таманчаги букӏана. Чӏегӏерал бераздаги, битӏараб мегӏералдаги, гургинаб нилъоялдаги тӏаде, бацӏцӏадго кӏкӏвараб гьесул гьумералъе жиндирго хаслъи кьолеб букӏана махщалида къачӏарал чӏегӏерал михъазги.\nТириго галабиги росулаго, хадуб чуги цӏан, таваккалго цевехун вилълъунев Пайзудинил гӏебал кӏигъуждул ва гьезда тӏад борхатго ккураб магӏаруласул бетӏер букӏана гӏемерисеб мехалда гӏурус гӏолилалда цебе. Гьев жиндие жеги тӏуванго балъголъилъун кколев гӏолохъанчиясул хӏакъалъулъ пикраби Лизал ботӏролъе рещтӏинчӏого рукӏинчӏо. Вукӏинчӏо испагьияй гӏурус ясалде руссарал пикрабаздаса эркенго хутӏун рихьунисевги. Гьел пикрабиги жидеего тун, рукӏана гьел кӏиялго сапаралъ унел. Тараблъи лъачӏого, бигьаго нахъа толел рукӏана гьез захӏматал мугӏрул нухал.\nТана Мокӏсохъги Балахьуниги, бакъанида щвана Аваргӏурул рагӏалде. Гьалагаб, гучаб магӏарул хӏабургъараб гӏурул лъел чвахиялъул сас букӏана гӏинда багъулеб. Кьурабазда мугъ цун, гӏурулъе хӏатӏал риччан, гӏодоблъиялда букӏана пихъил ахаздалъун бечедаб хьиндалазул росу – Зирани. Шамил имамасул рагъазул заманалдаго гӏурус аскарияз тӏасан цӏарал щулиял маххул кваразул кумекалдалъун гӏурул доб цояб рахъалдехун бахунеб бакӏ букӏана гьеб росдада аскӏоб.\nКигӏан хӏинкъаниги, рес букӏинчӏо Лизае, квараздасан бачунеб гьакидаги рекӏун, гьалагаб гӏор бахинчӏого. Бугеб жиндирго бахӏарчилъиги данде бакӏарун, рекӏана гьей гьакида, хӏинкъадго нахъа тана кварил нух. Рещтӏана Аваргӏурул кваранаб рагӏалде. Пайзудиница чодаги бахинабуна гӏор. Гьерекӏдерил рахъалда гӏурул рагӏалда гьес мугӏалималда бихьизабуна Зирани росдада дандбитӏун гӏурусазул хъала букӏараб бакӏ, бицана гьениб ккараб рагъул хӏакъалъулъ чӏахӏияздасан жиндаго рагӏараб тарих.\nГӏурус яс гьес бицунеб харбихъ гъираялда гӏенеккана. Гьелда жеги лъикӏго лъалароан Шамилил заманалъул тарихги, гьайгьай, Пассекил бо Зирани хъалаялъуб магӏарулаз сверун ккун букӏинги. Гъваридаб асар гьабуна, «кварил нухалъ» ккезабураб хӏинкъи жеги чорхолъа ун бахъинчӏей гӏолилалъе гьеб харбица.\nГьаб кӏиябго къоялда жаниб чан батӏияб хӏинкъиялъул асаралде гъоркье гьей ккарай? Бицарабани, жийгоцин божуларей йикӏарай, чан гьунар гьаниб мугӏрузда гьелъ гьабизе ккараб? Кьурабалъанги гьаний хьвадизе ккана, чодаги ругьунлъизе ккана, квараздеги яхине ккана…\n(Хадусеб букӏине буго)"}
{"slug": "7599-khalk-iyab-alleyalda-kh-akhiabrosdal-g-veti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7599-khalk-iyab-alleyalda-kh-akhiabrosdal-g-veti", "title": "«Халкъияб аллеялда» Хъахӏабросдал гъветӏ", "date": "2020-03-19 11:50:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "19 марталда Гӏиса аварагасул цӏаралда балеб бугеб рухӏиябгун лъай кьеялъул централда гъутӏби чӏана Унсоколо районалъул Хъахӏабросдал руччабазги.\n«Нижееги цӏакъ бокьун букӏана республикаялъул тӏолабго жамагӏаталъул сурсатазухъ балеб бугеб рухӏияб централда Хъахӏабросдал руччабазулги лъалкӏ хутӏизе. Гьединлъидал, ракӏалде ккана гьениб гъветӏ чӏезеги», — ян бицана тадбиралъул гӏуцӏарухъан Сулайсат Хӏажиевалъ.\n«Халкъияб аллеялда» буго жеги гъутӏби чӏезе бакӏал. Квачараб къо букӏаниги, Хъахӏабросдал руччабазго гӏадин, гъветӏ чӏана пуланай эбелалъги ясалъги, лъимал гӏемераб цо хъизамалъги. Гьенирго хӏалтӏулел рукӏана цоги росдал гӏадамалги – гьезги чӏана цо чанго гъветӏ.\nЩибаб гъветӏ чӏолеб буго цӏанбитӏараб мухъда, гьоркьоб лъабгогун бащдаб метрагӏанасеб манзилги тун. Кинабго хӏалтӏи гьабун бахъараб мехалда, «гьале дица чӏараб гъветӏилан» абизе рес щвела гьеб пайдаяб ишалъулъ гӏахьаллъаразе."}
{"slug": "7623-magiarul-g-asda-irgadulab-tsia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7623-magiarul-g-asda-irgadulab-tsia", "title": "Магӏарул гъасда — иргадулаб цӏа", "date": "2020-03-23 12:19:46", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарулаз гӏумру гьабулел районазде «Хӏакъикъаталъ» гьаризесел сапарал газеталъ байбихьана Казбек районалдаса.\nГьедин 16 марталда Дилималда тӏобитӏана «Хӏакъикъаталъул» къо.\nГьелда гӏахьаллъана Казбек районалъул нухмалъулел, хъулухъчагӏи ва гӏемерал соназ газеталъулгун бухьен тӏагӏине течӏел гӏадатиял гӏадамал.\n«Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев Гӏумахан Гӏумахановас бицухъе, редакциялъул мурад буго газета ракӏ-ракӏалъ гӏадамаз цӏалулеблъун гьаби. Гьелде цӏикӏкӏун гӏолилалги цӏай, щайгурелъул интернеталде машгъуллъарал гьез аслияб заман соцсетазда тӏамулеб бугелъул. Гьединлъидал газета цӏалулел аслиял чагӏилъун ригь арал гӏадамал хутӏулел руго.\nБетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас байбихьуда дагьа-макъабго тарихги ракӏалде щвезабуна. Масала, 1917 соналъул апрелалда гьанжесеб «Хӏакъикъат» бахъизе кьучӏ лъурал чагӏилъун Махӏач Дахадаевги гьесул хъизан имам Шамилил васасул яс Написатги рукӏараблъи.\nГьеб нусго соналда жаниб газеталда цӏар хисун буго 12 нухалъ. 14 редактор вукӏун вуго гьанжелъагӏан. Гӏицӏго щуго моцӏиде гӏагарун заман балеб буго 15-абилев редакторлъун Гӏумахан Гӏумаханов тӏамуралдаса.\nГьединго Зикрула Ильясовас абуна жакъа нилъер миллаталда цебе чара гьечӏого тӏубазе кколеб масъала лъабго батани, гьелъул цояб бугин рахьдал мацӏ цӏуни. Амма дагь-дагьккун тӏагӏунеб бугила миллаталъул аслуялъул цояблъун кколеб гьеб гӏаламат. Масала, рокъобги къватӏибги дагь гурони бицунеб гьечӏо гьеб. Гьединго республикаялда бугеб 1500-ялде гӏагарун школалда гьоркьоб ункъо-щуго гурони школа хутӏун гьечӏо рахьдал мацӏалда предметал малъулеб.\nГьединаб ахӏвал-хӏалалда мацӏ цӏуниялъе «Хӏакъикъат» газеталъ чӏаголъи гьабизе букӏиналда ракӏчӏолеб буго Зикрула Ильясовасул. Амма квеш ккараб жо буго газеталъе подписка гьабулел чагӏи дагьлъулел рукӏин.\nПочалъул хӏалтӏуда ракӏ рекъечӏолъиялъги хъвачӏого толел ругин гӏадамаз газеталин абуна цояс залалъусан. Гьеб буго казбекалъулаз гуребги, цогидал магӏарулазги загьир гьабулеб пикру. Гьелда тӏад рекъана Ильясовги. Гьесул рагӏабазда рекъон, анкьица гуребги, моцӏаз газета щоларел бакӏалцин руго. Амма жалго почалъул хӏалтӏухъаби гӏинде квер щвезе чӏоларо гьединал бадирчӏваял гьаруни.\nКин букӏаниги, жибго газеталъулгун бухьен тӏезе биччагеян гьарана заместителас ракьцоязда.\nХасго «Заман» абураб цӏаралда гъоркь газета биччазе байбихьаралдаса гьанже нахъалъагӏанги макъалаби хъвалел гӏадамазул бищун кӏудияб къадарги гьединабго подпискаги Казбек районалдаса рукӏанин бицана гьениб «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевасги. Газеталъул тарихалда тӏасан гьес хъвараб тӏехь кватӏичӏого басмаялда бахъизеги буго. Абухъего, рагъда цересел ва гьелда хадусел соназда Казбек район газеталда Гъазибег районин хъвалебги букӏун буго. Гьединго газеталъул бетӏерал редакторзабазул цояв кколаан салатавияв — Ахӏмад Мансуров. Кӏиго нухалда гьабун буго гьес редакторлъи.\nДагьабниги хъвадаризе махщел бугел гӏолилазе нуцӏа рагьарабго бугин «Хӏакъикъаталдеян» кӏалъана данделъиялда газеталъул жавабияв секретарь Мухӏамад-Хӏабиб Махӏатӏов. Живгоги гьениве 18 сон барав чи вачӏун вукӏанила, гьенивго херлъизехъинги вугила.\nМахӏатӏовас бицухъе, ДГУялда журналистазул отделение рагьун гӏезегӏан сонал аниги, гьеб лъугӏарал гӏолилал къанагӏатги рачӏунаро миллиял СМИязде. Гьезие бокьула телевидение – «жалго рихьизе».\nСалатавиязул гӏун бачӏунеб гӏелалъ газеталъулгун кколеб бухьеналъул бицана лъай кьеялъулгун социалияб гӏумруялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъ. Гьелъие асар гьабун бугоан росабалъ харибакӏазул, кулабазул, иццазул цӏарал лъаялда хурхун газеталъ тӏобитӏараб конкурсалда гӏахьаллъарал гьезул лъималаз.\nГазеталъул рухӏияб хазинаялъул отделалъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъул кӏалъай маданияталдагун адабияталда хурхараб букӏана:\n«Абула щибаб миллаталъул бугила кӏиго кваркьи: адабиятги мацӏги. Ниж – газеталъул хӏалтӏухъаби уна-рачӏуна. Амма газета кидаго цӏалдолелгун хутӏула. Миллаталъул гӏаммаб бечелъиялъе гӏоло гьелъул мацӏги цӏарги бечелъизабизе кӏола, бажарула гӏицӏго магӏарулазда. Миллат цӏидасанги цӏубазе, дагьабги берцинлъизе кканани, гьелъие къваригӏуна берцинаб мацӏги берцинго гьеб лъалел цӏалдохъабиги. Гьединал цӏалдохъаби куцазе ккани, къваригӏуна гьединалго учительзабиги. Жакъа мацӏ цӏуниялъулъ учительзабазулги буго кӏудияб кӏвар. Амма гьезде рехун тун гьеб тӏубаларо. Гьеб буго нилъер гӏаммаб унти. Гьеб унтигун нилъ къеркьечӏони, метер кватӏун ккезеги бегьула», — ян бицана гьелъ.\nРахьдал мацӏалдехун гьабсагӏаталда гӏадаб тасамахӏлъи нилъеца хадубккунги бихьизабулеб бугони, 30-40 соналдасан гьеб тӏагӏун ине букӏиналда хӏинкъи загьир гьабуна шагӏир ва хъвадарухъан Париза Гереевалъ.\n«Дие бокьилаан хадусеб гьадинаб данделъи подписка гьабизе ккеялъул гуреб, арал соназда дандеккун, «Хӏакъикъат» хъвалезул къадар 30-40-50 нухалъ цӏикӏкӏун бугилан рохел загьир гьабизе нуж рачӏиналда бан тӏобитӏизе», — ян абуна Паризаца.\nАмма гьеб подпискаялъулги газета жиндир заманалда цӏалдолезухъе щвезабиялъулги суал редакциялъ роцӏинабизе кколин почалда цере тӏалабалги лъунилан абуна Мухӏамад-Апанди Дадаевас. Гьев ккола лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул Казбек районалда вугев нухмалъулев.\nГьес бицана 1990 соналда имам Шамилил цӏаралда Халкъияб фронт гӏуцӏидал, гьелъ къватӏибе биччалеб газеталда цӏар букӏанила «Хӏакъикъат» абун.\nГьеб мехалда «Багӏараб байрахъги» нахъе бахъун, гьеб цӏар лъун буго республикаялъул газеталдаги.\nГьеб рекӏее гӏечӏел фронталъул вакилзаби, жидер газеталъул цӏар щай лъурабилан, жаваб тӏалаб гьабизе редакциялдецин ун рукӏун руго.\n«Хӏажи Махӏачевги, Хӏажи Гӏариповги, Муса Азаевги, дунги, цогидалги рукӏана гьенир. Гьеб мехалда Мусаца абуна нилъер газеталъул ахӏи бугила «Ритӏухълъи ва цолъи». Нужецаги ритӏухълъиялда ва цолъиялда бачейила гьеб иш.\nДица нужер редакторасе сайгъат гьабила доб заманалда нижеца биччалеб букӏараб «Хӏакъикъат» газеталъул номер», — ан ракӏалде щвезабуна Дадаевас.\nГьеб суал баян гьабуна хадув кӏалъазе вахъарав Дилималда бугеб спортшколалъул директорлъун вукӏарав, гьанже жамагӏатчи хӏисабалда лъалев Муса Азаевасги.\nГьесул рагӏабазда рекъон, «Хӏакъикъат» абун цӏарги лъун Халкъияб фронталда цебе гьез газета биччазе лъугьун буго 1990 соналъул 2 сентябралда.\n«Багӏараб байрахъалъе» бокьун бугелъул гьеб цӏарилан, нижеца гьезие тана гьеб. Нижер газеталдасаги цӏикӏкӏун чиясги цӏалулелъул, даражаги гьелъул кӏудияб букӏинилан», — бицана Азаевас.\nЖибго газеталъул подписка кин борхизабилебали бицунаго, Муса Азаевас кӏвар буссинабуна гьереси бицани, сундулго къимат холеблъиялде («къимат гьечӏел чагӏазул къимат борхизабизе лъугьани, гьединазулги къимат хола»).\nГьединлъидал гьеб нухдасан ани, кинабго, ай подпискаги холин абуна гьес. Хадубго гьарана газеталъул подписка цӏикӏкӏиналъеги, гьелъул къимат борхизабиялъеги хӏалтӏи гьабизе коллективалъе сахлъи кьегиянги.\nГьенир кӏалъана жамагӏатчи Гъайирби Гъайирбиевги, Калининаулалдаса газеталъул цевегосев гьудул Шиявдин Яндаевги, цогидалги.\nКечӏ-бакъанги камичӏо гьениб. «Арбабаш» къокъаялъул руччабазул хоралъги, Авар театралъул гӏолохъанав артист Мухӏамад Дудуевас цӏалараб «Авар мацӏ» кечӏалъги, Гӏаркьухъа Сайгидахӏмад Мухӏумаевасул тӏармида ахӏулеб кечӏалъги хинаб асар гьабуна данделъаразе.\n«Хӏакъикъаталъул» коллективалда цадахъги вукӏана шагӏир ва кочӏохъан — гӏемерал соназ ОМОНалда хӏалтӏулаго чанги командировкаялъ Казбек мухъалде ккарав шагӏир ва кочӏохъан Гӏалихӏажи Мухӏамадов.\nЖинца Казбек районалда кваначӏеб пихъги, жаниб сордо бачӏеб рохьги, хӏетӏе чӏечӏеб бакӏги хутӏун батиларин ракӏалде щвезабуна гьес. Цинги пандурги хъван, ахӏана магӏарухъ кидаго гьоболасе нуцӏа рагьараб букӏиналде гьабураб кечӏ.\nХадуб Гӏумахан Гӏумахановас Хӏурматалъул Грамотаби кьуна «Хӏакъикъаталъулгун» бухьен тӏезе толарел цо-цо салатавиялъулазе.\nЦинги газеталъул хӏалтӏухъаби къокъана Казбек районалъул «Чапар» газеталде» — коллективалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, гьелъул цӏияй бетӏерай редактор Жамиля Гӏабдулвахӏитовалда хъулухъги баркизе. Гӏезегӏан квегӏенаб, берцинаб минаялъуб бугоан редакция. Гьенирго ругоан цогидал идарабиги. Масала, искусствабазул школаги, спорталъулгун культураялъул управлениялги, халкъияб махщалил центрги.\nТӏадруссуда сверана Ленинаулалдехунги. Вихьана «Хӏакъикъаталъул» гьудул, чанго соналъ гьенив хӏалтӏарав Гӏалиасхӏаб Гӏумарасхӏабовги (Доктор Ватсон). Перо хисун рахан-белги кодобе босун, тӏуванго магӏишаталда гъорлъе лъугьун вугин ккана гьев…\n…Швейцариялдасаги берцинабин абулеб Салатавиялъул мугӏрул-щобазул гьайбатлъиялъ хӏайран гьарурал нижецаги нух босана Махӏачхъалаялде.\nАссалам гӏалайкум, Казбекалъул ракь!\nАссалам гӏалайкум, Казбекалъул ракь,\nРокьи ккун буго дир дур гьал мугӏрузухъ.\nГьезда бер чӏварабго чӏаголъана черх,\nЧанги хинаб асар бессана лугбалъ.\nКвелъ бахъун биччараб чулъунги лъугьун,\nБергьун буго хӏасрат тиризе гьенив.\nГьорое гьелчолел беричал тӏугьдуз\nТӏаде буго цӏалеб ургьиб гьинал ракӏ.\nРагӏал бихьуларел дур гьал щобазда\nЩват битӏун вегизе къасд буго дир ккун,\nКина-кинабги ракь гуро бокьулеб –\nБокьун ракӏалъ духъе вуго ахӏулев.\nКӏкӏалабахъ чвахулел чабхилал лъарал\nЛъималилан ккола бакъуй гьимулел,\nГьезул цо недегьлъи! Гьезул чилчили!\nЧвахукь буго дица гьумер чурулеб…\nЧанги жо бихьарав, чанги жо лъарав,\nЛъай босана дирни духъ валагьидал –\nДур берцинлъиялъги дур кунчӏиялъги\nКверде восана дун духъе щваравго.\nАссалам гӏалайкум, Казбекалъул ракь,\nРокьи ккун буго дир дур гьал мугӏрузухъ,\nХасго гӏадамазухъ… Бихье, квер кьея,\nКаранда гьебги лъун, икрам гьабизе.\nБагъатар Хӏажиев,\n1973 сон"}
{"slug": "7624-untarab-duniyal-kumek-kumekin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7624-untarab-duniyal-kumek-kumekin", "title": "Унтараб дуниял кумек-кумекин…", "date": "2020-03-23 12:42:10", "categories": ["obshestvo"], "text": "Коронавирусалъул кьогӏаб ирс. Бихха-хочараб гӏаламалде тӏалъиялъул ва рухӏиял церехъабазул хитӏабал. Пикраби, суалал ва масъалаби.\nЩиб цӏияб хабарги босундай жакъа газета бачӏинаян ратила цӏалдолел. Цӏияб хабар абуни гьобо кинигин сверулеб буго цого гӏузруялда сверухъ. Гьебги нужеда бичӏчӏун батила щибали. Коронавирус буго «паччахӏ» гӏадин дунял тирулеб. Гьелъ гьабизеги, гӏадамаз хӏехьезеги жо лъугӏанин абизе бегьила. Гӏажалалъукьагӏанги гӏалам хӏинкъизабизе бажарана гьелъухъа. Чанги гучал пачалихъал, тӏубараб Европаго буго щиб гьабилеб, кинаб сабаб батилебали лъаларого. Чӏахӏи-чӏахӏиял спортивиял, кечӏ-бакъаналъул, маданияталъул тадбирал нахъе рахъана. Театрал, музеял, спортивиял кӏалгӏаби, гӏалам жанибе бакӏарулел бакӏал кӏулалги ран рахана. Бечедаб халкъ цоял чӏинкӏиллъабазде, цоял ралъдахъе, дагьабги рес бугел ракьулъ рарал рукъзабахъе тӏерхьана. Гьезул гӏадин рес гьечӏеб мискинхалкъ гьабизе жо лъаларого аптекабахъе рортана, гьурмада ххолел маскабазда хадур, амма киназухъего гьел щолел гьечӏо, лъугӏанин абулеб буго. Цогидаб халкъ, маскабиги жалго тун, базаразде, тукабазде рекерана, хӏалкӏвараб жоялъул нахърател гьабизе. Гьебго сурат буго Россиялдаги, гьебго сипат буго нилъер республикаялдаги. Макарон, пиринчӏ, ролъ, картошка, нах, ханал хъамихъул гьабун хъамулеб бугин гӏадамазилан руго ахирисел баянал.\nНилъер республикаялде коронавирус, Аллагьасул цӏобалъ, жеги щун гьечӏо. Амма Россиялъул шагьаразда гьеб тӏибитӏун буго. Кӏинусгогӏан чи унтун вугин гьелъин хъвалеб буго информалатаз. Газета къватӏибе кьезе ниж хӏадурлъулаго, бачӏана хабар цо гӏадан хваниланги. 89 сон барай, цееги гӏузрабаз кӏвекӏулей гӏадан йикӏун йиго гьей.\nРеспубликаялъул нухмалъулев, Владимир Васильевас арбагӏ къоялъ, 18 марталда хитӏаб гьабуна коронавирусалде данде гӏаммаб хӏадурлъи лъазабулеб букӏиналъул.\nБольницаби, поликлиникал, нагагь унтарав чи ккани, гьев къабул гьабизе киналго сурсаталгун къачӏан рукӏаян хитӏаб гьабуна гьес. Гьединго цогидалги идарабазул нухмалъулездаги абуна цӏодорлъи гьабейин, гӏадамал цӏунейин. Школаздегун ясли-ахазде хьвадиялъул эркенаб низамги лъазабун буго республикаялда.\nДРялъул муфтияталъ хитӏаб гьабуна гӏадамазде, рихха-хочичӏого, сабуралда рукӏаян, нилъеда бихьизе хъвараб гурони Аллагьас бихьизабуларин. Кванил нахърател гьабизе рекериялъ нилъее кьезе жо гьечӏин, гьелъул бакӏалда балагь рикӏкӏад гьабеян, Аллагьасе дугӏа гьабуни лъикӏ букӏинин бичӏчӏизабуна идараялъул вакилзабаз. Амма, кин букӏаниги, гьезги абуна цӏодорлъи гьабичӏого тогеян. Гӏемерал чагӏи ракӏарараб бакӏалде инчӏого ва гьединго кверал росичӏого тани лъикӏаб букӏинилан. Коронавирусалдаса цӏуна-къаялъул мурадалда, рузманалъул какда цебе гьабулеб вагӏза-насихӏат кӏварабгӏан къокъ гьабеян мажгиталъул имамзабаздеги хитӏаб гьабуна динияб идараялъ.\nТӏадехун абухъе, гӏемерисел аптекабазда, гьурмада ххолел маскаби церего лъугӏун руго, къанагӏатал бакӏазда хутӏун руго гьел. Гьенирги цӏакъго хираго ричулел руго. Амма аптекабазул ричарухъабаз бицана, коронавирусалдаса цӏуниялъе щибниги пайда кьоларин гьез. Маскаби ххезе бегьулин гӏицӏго унтарал чагӏаз, цогидазде бахинчӏого букӏине. Гьеб гуребги, бицен гьабулеб гӏадаб хӏинкъи бугеб унти гьеб букӏиналдаги щаклъизе бачӏунеб бугин. Ургъунго гӏадамал рихха-хочизаризе ургъун бахъараб жо батизеги бегьулин гьебилан. Гьебго пикру буго цо-цо цогидазулги. Лъалев Аллагь вуго."}
{"slug": "7625-konstitutsiyalda-khisa-basiyazul-gogen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7625-konstitutsiyalda-khisa-basiyazul-gogen", "title": "Конституциялда хиса-басиязул гьогьен", "date": "2020-03-23 12:45:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул цебесеб номералда бицун букӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз РФялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиязул рахъ ккунин.\nГьезда гьоркьоб буго президентлъиялъул болжалалда хурхараб суалги. Гьелда тӏасан кӏалъалаго, Пачалихъияб Думаялъул депутат\nВалентина Терешковалъ загьир\nгьабуна, жакъасев ахӏвал-хӏалалда бан, Россиялъе хӏинкъи бугин ракӏалдаго гьечӏеб жо ккеялда, гьединлъидал хӏажат бугин жинде мугъчӏвай гьабизе бегьулеб цӏуна-къайилан. Гьединаб цӏуна-къайлъунги гьелда бихьулеб буго жакъасев президентасул хъулухъ ва гьеб хъулухъалда вугев халкъалъул цевехъанасул къадру-къимат. Гьединав чилъунги Терешковалда вихьулев вуго улкаялъул президент Владимир Путин.\n«Рачӏа, ракӏалда бугеб жо рагьун абизе. Къваригӏун буго президентасул болжалалъе Конституциялда бихьизабураб гӏорхъичӏваялдаса инкар гьабизе ялъуни лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ гьеб шартӏ цебе лъолеб батани, гӏадамазеги бокьун батани, гьанже вугев президент цоги нухалдаги гьеб хъулухъалде вищулеб нух батизе», — йилан абуна Терешковалъ.\nГьебго къоялъ, 10 марталда, Пачалихъияб Думаялда кӏалъарав президентасги абуна гьелъие цин Конституциялъул судалъ къимат кьезе кколин.\nКонституциялъул судалъ гьеб масъалаялъул рахъ ккуна ва гьеб хӏукму къабул гьабуна РФялъул Федерациялъул Советалъги.\nБесдалалги сакъаталги гӏадамал лъикӏаб бералда рихьана\n«Дагестан без сирот» абураб жамгӏияб багъа-бачариялъул нухмалъулей Раисат Гӏусмановалъ абуна жиндие гьел хиса-басиязда гьоркьоб рекӏее гӏунила социалиял масъалаби тӏураялъул бицунеб лъабго пункт.\n«Конституциялъул 67-абилеб статьяялда буго цо пункт — тӏалаб гьабизе чи гьечӏого хутӏарал лъималазул тӏалаб-агъаз гьабизе гьанже пачалихъалъ жиндаго тӏаде босулеб бугилан абураб. Гьединго, цӏияб жо-лъун ккола хъизамал, улбул ва жалго лъимал цӏунизеги тӏаде босулеб бугин абураб бакӏ. Гьенибго абулеб буго ригьин гьабиялъул бугеб къиматги пачалихъалъ хӏисабалде босулеб бугин. Гьеб хӏакъикъаталдаги рохизе ккараб хӏужа буго.\nЦӏиял хиса-басиязда бицен гьабулеб буго 114-абилеб статьяялъул тӏоцебесеб пункталъулги. Сакъатал гӏадамазе чӏезарулел бигьалъабиги гьезул ихтияралги пачалихъалъ хасаб кӏвар кьеялде гъоркье росулел ругин хъвалеб буго гьениб.\nГӏемерал соназ бесдалазул тӏалаб-агъаз гьабулей гӏадан хӏисабалда, цогидаздаса лъикӏ дида лъала квачакъал гӏадамазул къварилъи-гӏатӏилъи, пачалихъалъул кумек щвелародайилан хьулазда гьел рукӏунеб куц. Гьединлъидал дида ккола гьел хиса-басияз гӏемерав чиясул ракӏ бохизабизе батилин».\nХалкъ ругьунлъун буго президентасде, амма…\nЖамгӏияв хӏаракатчи Гӏисал- мухӏамад Набиев: «Жакъа Конституциялъ дуе кьун бугеб ихтияр данде кквезе бегьула мунго бетӏергьанаб буголъиялда. Мисалалъе, дур рокъореги рачӏун, спичкадул къали кодоса бахъулеб бугони, дуца гьеб биччазе гьечӏо. Амма ихтияр кодоса бахъулеб бугони, гьеб цӏунизе жеги нилъ ругьунлъун гьечӏо. Дур буголъи — дур бечелъи кколин абураб пикру щулалъун гьечӏо гӏадамазулъ. Гьединлъидал жакъа Конституциялда гьарулел хиса-басиял жиндие рекӏее гӏоларилан къватӏиве вахъунев чи нилъер гьечӏо.\nГьеб хӏисабалде босун букӏин-чӏебани, тӏалъиялъги гьел хиса-басиял гьарулароан. Хиса-басиял гьаризе гьез къасд гьабуна халкъалъул дандечӏей букӏунареблъиги лъан.\nЖакъа тӏалъиялде Путинил бакӏалде цоги чи вачӏани, гьесда щибниги хисизабизе кӏвеладай, рукӏа-рахъин лъикӏлъиладай, бигьалъи бачӏинадай абурал пикрабаз рахӏат толеб гьечӏо гӏадамазе», — йилан рикӏкӏунеб буго жамгӏияв хӏаракатчияс.\nРоссиялъе пайдаяб иш батаниги…\nМикагӏил Микагӏилов, блогер ва жамгӏияв хӏаракатчи: «Конституциялде росарал хиса-басиязул магӏна цо-цоязе рекӏее гӏечӏо, гьелдалъун Путинил рейтингалги гӏодоре ккана.\nРоссиялъе пайдаяб иш гьаб батаниги, гӏадамазе гьелдасан кинаб пайдадай бугоян баянал кьезе кколаан.\nРабадан Мухӏамадов, гӏалимчи, археолог: «Президентасул хъулу-\nхъалъул болжал хутӏун, цогидал лъикӏ къабул гьаруна. Дир хӏисабалда, 24 сон гӏунги тӏокӏаб буго цо чи пачалихъалъул бищун тӏадегӏанаб тахида хважаинлъун вукӏине».\nМадугьалгун гьуин вукӏа\nИсмагӏил Гъазимухӏамадов, Цӏумада райсобраниялъул депутат: «Гӏамм гьабун босани, гьел киналго хиса-басиязул магӏна буго пачалихъалъул тӏалъиялъ жиндирго хъулухъ щула гьабизе ресал ралагьулел рукӏин.\nКӏиабизе босани, гьелъул цоги мурад буго — халкъазда гьоркьосеб аренаялда, Россиялъ, пачалихъ хӏисабалда жиндирго бакӏ борхатго кквей. «Ле», — ян абурав чиясда, «я», — йилан абизе кӏолеб даражаялда президентги пачалихъги букӏин. Гьединаб даража цӏакъ хӏажат буго жакъа Россиялъе.\nГӏадатияб халкъалъ кин гьел хиса-басиял къабул гьаруралин абуни, гьениб цо ккураб пикру букӏине рес гьечӏо. Рекӏее гӏуралги ратила, гӏечӏелги ратила. Гӏемерисез гьеб къабул гьабун батилин ккола дида»."}
{"slug": "7626-bachiin-kolareb-otsbaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7626-bachiin-kolareb-otsbaj", "title": "Бачӏин кьолареб оцбай", "date": "2020-03-23 12:52:19", "categories": ["magiarukh"], "text": "Кида бижараб оцбаялъул байрам? Кин гьеб жеги цӏунун хутӏараб? Гьел суалазе жаваб балагьизе нилъ лъугьинаро. Лъалеб жо буго ислам тӏибитӏилалдего гьеб гӏадат букӏараблъи, баянаб буго мугӏрул халкъалъе бокьулеб байрам букӏинги. Гӏасраби свераниги, хурзал рекьулел гьечӏониги, байрам цӏунун хутӏун буго.\nЦебеселъул бицинчӏого, жакъасеб сундаха данде кквелеб?\nДир заманалъул лъималазда ракӏчӏун лъалаан лъагӏалида жаниб ункъо нухалъ цӏияб ретӏел щолеблъи. Гьезул цояб — оцбанкъо, хутӏарал — кӏалбиччанкъо, маялъул байрамал, тӏоцебесеб сентябрь.\nБайрамал гӏагарлъулел къояз, гъансил тӏала рагьун хъирщараб ххамги къвалакь ккун, рекерулаан гурде букъизе, росулъго бищун лъикӏай устаралъухъе. Гьелъ цониги лъимер мурад тӏубачӏого нахъчӏваялъул яги лъихъаниги мухь босиялъул хабар букӏунароан.\nЧӏахӏиял школлъималаз гӏисинал куцан гӏуцӏараб концертги камулароан оцбанкъоялъ росдал майданалда. Гьеб концерт хӏадуриги букӏана кутакалда балъго гьабулеб иш. Лалал тӏамулел, тӏощел бакӏарулел росдал гьоцӏабазул авалалда рукӏунаан церерахъиналъе куцалел. Аслияб хӏалтӏи гьабулаан тӏощалидаса эркенлъарал пажазда жаниб. Генералияб репетициялъе, бищунго гӏадамазул бердаса хьвараб бакӏалда бугеб, гьоцӏиреги рахъунаан.\nОцбанкъо хӏакъикъаталдаги букӏана чӏахӏиязегун гӏисиназе рохел кьолеб росдалго байрам. Берцинго къачӏарал, тӏад цӏулакьо бекьарал гьуинал чадил горал режулеб махӏ къватӏахъго букӏунаан тӏибитӏун.\nГӏурдаллъи цӏилъилалде ракьулъе мугь хьан росдал хӏурматиял харабаз иргадал кьолеб пурцил гӏоркь, хур цӏун бачӏаги, баракатгун рахӏмат цӏикӏкӏагиян дибирас гьабулеб дугӏа. Гьелда хадурго гъун хараби, лъимал рекерулел къецал, гӏолилазул тирилъигун къуват борцунел хӏаял. Бергьенлъи босаразул горбода ралел дол гьуинал горалги рукӏинарищха. Ясаз ахӏулеб кочӏохъе миллияб кьурдул свери, разиял гьурмал, махсара-хочӏ, рохалилаб ахӏвал-хӏал.\nЖамагӏаталъе бикьизе щибаб рокъоса бачӏараб садакъаялъул гьарзалъи. Реччебалда буцараб гӏатӏал панкъал — тӏад нахги цӏамги бахарал гьезул тату гӏумруялъ кӏоченаро! Хӏухьлахунел могьол хьагал, нисугун нах жубан буцараб тӏех, гӏанкун цӏоросаролъил чӏер, чамасдакӏгӏан гьуинаб бакъвараб гени, нагагьазул рокъоб цӏунун хутӏараб хасалил гӏеч, цӏулакьо, дагьаб бугониги кампет-печеня. Камулароан цо-цо бакӏалъулал чемпионазе гъурщал рикьулел чагӏиги.\nОцбанкъо — гьеб букӏинчӏо умумуз гӏицӏго рекӏелгъеялъе ургъараб аваданаб байрам. Хаселги нухда регӏун, ихдалил хӏалтӏабазде каву рагьулеб бугин рагӏизабулеб къо букӏана гьеб. Цӏилъулеб тӏабигӏаталда цадахъго гьеб байрамалъ чӏаголъизарулаан кьиндал гъасда хинлъун бакӏлъарал чурхдул, цӏикӏкӏинабулаан магӏишат-яшавалде гъира.\nКинха тӏобитӏулеб бугеб гьеб мугӏрул росабалъ? Бугищ гьениб цӏунун жиде-жидее хасиятаб къагӏида?\nИхдалил хӏалтӏабазе\nбайбихьийищ, байрамищ?\nОцбаялъул байрамалде хӏадурлъулел ратила цо-цо росабалъ. Гӏемерисел бакӏазда гьеб байрам тӏубанго кӏочонги тана.\nНилъер заманалда оцбанкъо хутӏун буго аслияб байрам хӏисабалдаян абуни, мекъи ккеларо. Гьебги квеш гьечӏо, жамагӏат данделъулеб буго, хурзал рекьичӏониги, бугониги цо-цо хаслъиги цӏунун буго. Мисалалъе рехсела Шамил районалъул цо-цо росабалъ их чӏеялъул байрам тӏобитӏулеб къагӏида.\nГьал ахирал соназда Гьоориб росдал оцбанкъо республикаялъулго байрамалде сверун бугин абизе бегьила. Гъираялда рещтӏуна гьеб къоялъ гьаадерил ракьалда, басрияб Къахӏиб ва Басрияб Гьоор росабазул архитектураялъ асир гьарурал, рикӏкӏен гӏемерал туристал. Миллияб спорталъул къецал, аваданлъи, сухӏмат. Гьеб рахъалъ гьаадериде вахарав чиго ватиларо магӏарулазул. Тӏолабго байрам нухда бачине тӏаде босула цо хъизамалъ. Исана оцбай тӏобитӏулес тӏадеялъул ирга бугев вихьизавула.\nХучада росулъги кӏудияб чӏаголъиялда тӏобитӏула их чӏеялъул гӏуж. Магӏарухъ яшав гьабун цӏакъго дагьал гӏадамал ругониги, оцбанкъоялъ гӏалам рещтӏараб хӏал букӏуна гьениб лъарагӏлъиялдаса росуцоялги рачӏун. Гьезулгӏан аваданаб, магӏнаяб оцбай магӏаруллъиялдаго хутӏун батиларо. Гьезул хаслъиялъул цебеккун чанцӏул бицунги букӏун батила нижеца. Оцбанкъоялъ хучадисел магӏарухъе рачӏуна балугълъиялъул гӏужде рахарал жидерго васалги рачун. Хӏалбихьула гьезул тирилъиялъул, къуваталъул. Жамагӏаталъе хӏажаталлъун жал рукӏине ругин гьа бала гӏолилаз халкъалда цебе.\nПалугьаби, кечӏ-бакъаналъул гьунарчагӏи ахӏун, бечед гьабула хӏотодисез жидерго оцбанкъоялъул байрам. Пуруц нахъа барал оцаздаги гьениб бер чӏваларо, рахъ базе чу камунги хутӏуларо. Амма гьеб рахъниса хасалихъе бачӏин бакӏарулищ — бакӏаруларищали баян кьезе кӏоларо.\nХӏамул рараб пурцил,\nунго, сурукълъи\nЧанги росабалъа гӏарзал рагӏана оцбанкъо тӏобитӏи хвезе тунилан бегавулзабазде гӏайиб чӏван. Амма рагӏуларо гьезул зигарди рехун тарал мегъазул, байрамкъоялъул рахъ базениги росулъ гӏезаруларел оцазул бицун.\nСоветияб заманалда бекьарулеб нусгогӏанасеб рукь букӏараб магӏарул росулъ пуруц базе цохӏониги оц гьечӏо гьанже хутӏун. Рекьуе гьел квегъизе, куцазе лъалел гӏадамалцин лъугӏулел руго.\nХӏалтӏизарулев чи гьечӏого, гӏалхуда ругел хӏамул пурцида ран картошка бекьулелги рихьана бакӏал. Оцазул рехьед хьихьун ругьунал умумузул наслабазда гьеб рекъон гьечӏеб куцха!\nКӏудияб улка биххиялда цадахъго мегъал чӏунтизе теялда хӏикмалъула. Пикру гьабе, магӏарулал, щибго пайда босичӏого чӏобого бугебщинаб ракьул!\nЖидер мугъалъ баччун умумуз гъогъодаса рацӏцӏад гьарурал дол хурзабахъе сухъмахъалцин ратуларо гьанже, харица рацун руго гьел. Рецичӏого сагаби хутӏулел руго ракъвазе. Рукӏинчӏел гӏадин лъугӏана тӏорщалил цӏурал пажал, бер чӏваларо магъилъ гъобазда. Лал тӏами щибали лъаларо гӏолилазда, лулбузда рекӏун букӏунеб рахӏат бихьуларо гьитӏичазда. Гьедин буго цӏикӏкӏунисел бакӏазда, наккдалъ рукӏкӏен гӏадин хъирщани гурони, ратуларо тӏорщалил хурзалги, харибакӏазда ясалги.\nГӏажаиблъи гьечӏищ, гьеле гьединал росабалъ оцбаялъул байрамалги тӏоритӏула кӏудияб ихтилат-кепалда.\nЛъикӏищ гьеб, квешищ? Лъикӏ батила, щиб багьана батунги, жамагӏат данделъи, гӏадамал рохизари."}
{"slug": "7627-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7627-sualal-zhavabal", "title": "Суалал-жавабал", "date": "2020-03-23 12:59:43", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас.\nУнсоколо районалъул Цӏатӏанихъ росулъа бачӏараб кагътида цӏехолеб буго: «Дун ккола 1999 соналъул август-сентябрь моцӏазда Болъихъ ккарал рагъазул гӏахьалчи, руго шапакъаталги. Дун ккола захӏматалъул ветеранги. Лъазе бокьилаан, дица токалъухъ гӏарац кьезе кколищали?»\n— Федералияб законалда рекъон, хӏукуматалъул кинаб букӏаниги бигьалъи щвеялъе, тӏоцебесеб иргаялда, дур букӏине ккола рагъул гӏахьалчиясул статус. Жеги къабул гьабун гьечӏо 1999 соналъул август-сентябрь моцӏазда ккарал рагъазул гӏахьалчагӏазе пуланал бигьалъаби рукӏине кколин абураб федералияб закон. Гьединлъидал, закон къабул гьабизегӏан, сабруялда рукӏине ккела.\nЗахӏматалъул ветеранасе гьабулеб социалияб бигьалъи хӏисабалда, 2020 соналда тӏадбуссинабула коммуналиял хъулухъазухъ, ай лъехъ, газалъухъ, токалъухъ ва кьишни нахъе баччаралъухъ кьураб гӏарцул 50 процент.\n«Лъазе бокьилаан больницаялда вегарав чи тохтурас дараби росизе тӏамулев вугони, ФОМС щай къваригӏун бугебали?»\n— Медицинаялъулаб полисалда рекъон, больницаялда вегарав чи чӏового сах гьавизе ккола, гьеб мурадалда ФОМСалъ больницаялъе гӏураб гӏарацги биччала. Къокъго абуни, бетӏерав тохтурас жаваб кьезе ккола унтарал сах гьариялъе къваригӏунел дараби больницаялда чӏезариялъул. Тохтурас дараби росизе тӏамулев ватани, ахӏе ФОМСалъул «горячая линиялъул» гьаб номералде: 8-800-2222-905.\n«Дун кида ва кив дандчӏвазе бегьулев депутатгун?»\n— Депутатал рукӏуна батӏи-батӏияб даражаялъул: Пачалихъияб Думаялъул, Халкъияб Собраниялъул, шагьаралъул, районалъул ва росдал собраниязул. Дур къваригӏелалъул кӏваралъухъ балагьун, тӏаса вищизе ккола дандчӏвазе бокьарав депутат. Масала, Пачалихъияб Думаялъул депутатгун дандчӏвазе бегьула Махӏачхъалаялъул аслияб майданалъул хьибилалда бугеб ДРялъул профсоюзазул минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда бугеб кабинеталда. Гьениб жанахӏалъул къеда чӏван буго гӏадамал тӏаде къабул гьариялъул график, гьелда бихьизабун буго дандчӏвалеб заманги.\n«Сакъатлъи чӏезабулелъул ришватал росуниланги абун, цо-цоял жанир лъун рукӏана. Лъазе бокьилаан гьезул къисмат».\nДагъистаналда тӏатинавуна гьересиял справкабазда рекъон сакъатлъи чӏезабурав анлъазарго чи. Гьеб такъсир тӏатинабуна медицинаялъулгун социалияб экспертизаялъул хӏасилалда. Гьелдалъун республикаялъул боджеталъеги тӏокӏлъана 1,7 млрд гъурущ.\nГьеб ахӏи-хӏуралдалъун Дагъистаналда къана МСЭБялъул лъабго филиал. Гьез чӏезарурал «инвалидазул» делабазул хӏисаб-суалалъул хӏасилалда МСЭБялъул 27 хӏалтӏухъан хӏалтӏудаса рехана, анлъгояв пенсиялде витӏана. Закон цӏунулезул тӏалабалда рекъон, судалъ чӏезабуна МСЭБялъ 270 чиясе гьересияб документ кьун букӏин. Дагъистаналъул МСЭБялда сверухъ букӏараб ахӏи-хӏур, тӏоцебесеб иргаялда, хурхараб букӏана гьелъул нухмалъулев Мухӏамад Махӏачев тамихӏалде цӏаялда. Жакъа гьев туснахъалда вуго. Цӏех-рехаз чӏезабуна, гьересиял документазда рекъон, гьереси-инвалидлъи гьабуразе республикаялъул пенсиялъул фондалдаса 27 млн гъурущ кьун букӏин.\n«Цӏияб законалда рекъон, квитанциял цӏунун ругони, 2020 соналдаса байбихьун, аптекабаздаса росарал дарабазухъ кьураб гӏарац хӏукуматалъ тӏадбуссинабулин абулеб буго. Дараби бокьараб аптекаялдаса росизе бегьулищ, гӏарац кин ва лъица тӏадбуссинабулеб?»\n— Гьеб программаялда гьоркьоре уна официалияб къагӏидаялда хӏалтӏулел ва налогал кьолел, ай щибаб моцӏалъ пачалихъалъул бюджеталде НДФЛ рехулел чагӏи. Жидерго гуребги, гьез тӏадбуссинабизе бегьула гьезул бищунго гӏагарал чагӏаз (росас, лъадуца, улбуз ва балугълъиялде рахинчӏел лъималаз) хӏукуматалъул аптекаялдаса дараби росун хвезабураб гӏарацги. Гьеб бигьалъиялъул аслияб тӏалаб ккола официалияб къагӏидаялда хӏалтӏулел рукӏин ва жиндир заманалда налогал кьей.\nТӏадбуссинабулеб гӏарцул къадар бараб букӏуна дараби росулаго кьураб гӏарцуда. Масала, щибаб моцӏалъ дуца налогалъе кьуна 40 азарго гъурущ, лъагӏалие дараби росун ана 39 азарго гъурущ, компенсация хӏисабалда тӏадбуссинабула 5,07 азарго гъурущ, ай дарабазухъ хвезабураб гӏарцул 13 процент.\nГьеб компенсация щвеялъе налогазул инспекциялде кьезе ккола, «Для налоговой, ИНН» абун тӏад бихьизаби бугеб, тохтурас хъвараб рецепт, гьелда цадахъ букӏине ккола дарабазухъ кьураб гӏарцул къадар бихьизабураб чек. Жеги къваригӏуна налог кьеялъе нугӏлъи гьабулеб декларация, хӏалтӏулеб бакӏалдаса харжалъул къадаралъул ва налогазул хӏакъалъулъ справкаби. Аслияб жо, микроскопалда гъоркь лъуниги, бихьулеб хӏалалъ компенсация тӏалаб гьабиялъе документал ракӏариялъе къваригӏуна маххул нерваби.\n2020 соналъул тӏоцебесеб июлалдаса нахъе компенсациялъул гӏарац карточкаялде рехула.\n«Хъутаналда гӏумру гьабун вугев чиясул ихтияр бугищ 15-20 соналъ жаниб гӏумру гьабун вугеб минаялъул хважаинлъун вахъине, ай рукъалъул «зеленка» гьабизе?»\n— РФялъул Жилищнияб кодексалъул тӏалабалда рекъон, рукъалъул цоги хважаин гьечӏони, законалъ изну кьола гьеб минаялда жаниб гӏумру гьабун вугев чи гьелъул хважаинлъун вахъине. Батӏияб суал ккола, хъутаналда хӏалтӏулевинги абун, заманалда жанив чӏезе кьураб рукъ бугони, ай ведомствоялъулаб абулеб рукъалъул «зеленка» гьабизе гьесул ихтияр букӏунаро.\nГьадинаб суалалъе чӏванкъотӏараб жаваб кьун бажаруларо, щайгурелъул мухӏканаб цӏех-рех гьабун гурони, гьелъие хӏукму къотӏизе бегьуларо.\n«Дун хӏалтӏулев вуго чамалиго идараялда. Цо идараялда хӏалтӏулев вуго захӏматалъулаб къотӏи-къаялда рекъон. Цӏияб законалда рекъон, пенсиялде унаго, дун хӏалтӏулел киналго идарабаздаса щолел харжазул хӏисаб гьабулищ?»\n— Официалияб къагӏидаялда киналго идарабазда хӏалтӏулев ватани ва хӏалтӏикьолез дур цӏаралда пенсиялъул фондалде страховиял взносалги ритӏулел ратани, пенсия чӏезабулаго хӏисабалде росула мун хӏалтӏулел киналго идарабаздаса щолел харжал. Амма лъазе ккола, пенсиялъул фондалде ритӏарал взносазул хӏисаб гьабулаго, лъагӏалие щолеб харжалъул роценалъул гӏорхъичӏвай букӏунеблъи. Гьелъул роцен щибаб соналъ хисула, масала, бищун цӏикӏкӏараб ккола 815000 гъурущ, ай моцӏрое щолеб гӏаммаб харж 67000 гъурущ. Гьелъул магӏна ккола официалияб къагӏидаялда дуе гьелдаса цӏикӏкӏун харж щолеб батани, 815000 гъурущалдаса кьурал взносазул гурони, хӏисаб гьабуларо пенсия чӏезабулаго."}
{"slug": "7628-k-ur-anal-ul-khiikmatal-giasrabazgi-ragun-l-ugiilaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7628-k-ur-anal-ul-khiikmatal-giasrabazgi-ragun-l-ugiilaro", "title": "Къуръаналъул хӏикматал гӏасрабазги рагьун лъугӏиларо", "date": "2020-03-23 13:30:23", "categories": ["history"], "text": "Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул востоковедениялъул факультеталда гӏараб мацӏалъул кафедраялда кӏудияв преподавательлъун хӏалтӏулев вуго Болъихъ районалъул Гӏанди росулъа Азарцун Мухӏамадов.\nАнлъабилеб классалда цӏалулев вугеб мехалдаса нахъе байбихьана Къуръан цӏализе ва гӏараб гӏелму лъазабизе. Гӏагараб росулъ ва Болъихъ мадрасабазда цӏалун лъай камил гьабуна гьоркьохъеб школа лъугӏун хадубги жеги щуго соналъ. Лъикӏал гӏалимзабазда цеве цӏалун рухӏияб рахъалъ гӏураб лъай щварав Азарцун 1998 соналда цӏализе лъугьана Дагъуниверситеталъул востоковедениялъул факультеталъул лингвистикияб отделениялде. Тӏокӏлъиялда гьеб лъугӏизабурав А. Мухӏамадов гьенивго хӏалтӏизе тана. Щибаб соналда гӏадин практикаялъ студенталги рачун Азарцун уна Египеталде, гьанжегӏагар гьениве иналде цересел къояз дандчӏварав гьесулгун ккараб гара-чӏвари кьолеб буго нижеца жакъасеб номералда.\n— Университет лъугӏизабун, гӏелмияб цӏарги гьечӏев чи тун вугоха мун кӏудияв преподавательлъун…\n— Анцӏила цо соналъ гьунар бугел гӏалимзабазда цевеги цӏалун, щуго соналъ университеталдаги цӏалун, абухъего, рухӏияб рахъалъги, светияб рахъалъги дир лъайги бихьун, вачана дун хӏалтӏуде факультеталъул ва университеталъул нухмалъулез. Гьелда тӏадеги, университеталда цӏалулагоги гьелда цевеги дун хӏалтӏулев вукӏана Къуръан лъазабиялда тӏад. Гьанже нилъгун гьечӏел машгьурал востоковедал Мухӏамад-Нури Гӏусмановас ва Амри Шихсагӏидовас дун восана университеталда рагьун букӏараб Къуръан лъазабиялъул халкъазда гьоркьосеб централда хӏалтӏизе. Гьанже гьеб сверизабуна Востокалъул культура ва тарих лъазабиялъул централде. Гьелъул нухмалъулевлъун вуго тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор, машгьурав тарихчи Расул Мухӏамадовасул вас Арсен Мухӏамадов. Гьеб централдаги дун хӏалтӏулев вуго Къуръан лъазабиялда тӏад, гьединлъидал гӏелмиял цӏарал — кандидатлъиялда, докторлъиялда тӏад хӏалтӏизе дир заман гьечӏо. Гӏелмияб цӏар щвезе бокьун букӏарабани, кандидатлъи дида цебего цӏунизе кӏолаан. Цӏаралъе гӏоло гьелда тӏад хӏалтӏун заман хвезабизе дир рес гьечӏо, щай абуни Къуръаналда тӏад хӏалтӏи дие киналго цӏараздаса тӏадегӏанабги хириябги буго. Басмаялде кьун буго ва гьаб гӏагараб заманалда къватӏибе бачӏине буго нижеца хӏадур гьабураб Къуръаналъул захӏматал ва гӏемермагӏнаялъулал рагӏабазе баян кьураб гӏараб-гӏурус словарь.\n— Цебекун гьединаб словарь бахъун букӏинчӏищ?\n— Араб гӏасруялъул бакьулълъиялда биччан букӏана Х. К. Барановас хӏадур гьабураб гӏараб-гӏурус словарь. Руго цогидал востоковедаз риччаралги. Амма Х. К. Барановасул словарь гьезда гьоркьоб бищун лъикӏаб буго. Нижеца хӏадурараб словаралда руго Барановасул словаралда гьечӏелги, гьес мухӏканлъи гьабичӏелги, мухӏканаб магӏна кьечӏелги рагӏаби. Гьеб словарь гьабулаго, нижеца пайда босана машгьурал гӏалимзаби Джалалайнил, Аль-Байдавил, Аль-Мунтахабил, Ибн Касирил Къуръаналъул гьарурал тафсираздаса. Гьезул щивасул цӏарги хъван буго. Словарь буго лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун гьумер бугеб. Къуръаналъул мацӏ, гӏараб мацӏ буго дунялалдаго бищун бечедаздасан цояб. Жеги чанги гӏалимзаби хӏалтӏана гӏараб — гӏурус словарь гьабиялда тӏад (гӏурус мацӏалъ абуни — количество переходит в качество).\nКъуръаналда гьечӏо щибниги данде кколареб жо, гӏицӏго лъазаризе ккола хӏарпал, рагӏаби, предложениял. Лъазе ккола магӏна, лъалеб бичӏчӏулеб гьечӏони, лъалесда цӏехезе ккола. Гьебги бичӏчӏичӏого, лъавукъаб магӏна Къуръаналъул рагӏабазул гьабизе бегьуларо.\n— Дур редакциялда гъоркь араб соналда къватӏибе бачӏана М.-Н. Гӏусмановас гӏурус мацӏалде таржама гьабураб Къуръан. Цебеги гьесго таржама гьабун кӏиго нухалдаги къватӏибе бачӏун букӏана Къуръан. Гьеб цо, кӏиабилеб, ругогури Крачковскиясул, Прохоровалъул, Кулиевасул ва цогидазулги Къуръаналъул таржамаби. Цого такрарлъи кколарищ гьел?\n— Кколаро, къиямасеб къо чӏезегӏан цӏаланиги, таржама гьабуниги, Къуръаналъул гъварилъиялде, аятазул, сурабазул тӏолабго магӏна, гьенир рахчун ругел хӏикматал рагьун лъугӏиларо. Анцӏила ункъоялдаса цӏикӏкӏун гӏасруялъ цӏалулеб, лъазабулеб буго Къуръан. Гьелщинал гӏасрабаз цере Къуръаналда хъварал хӏужаби химиялъул, физикаялъул, биологиялъул, астрономиялъул, медицинаялъул ва цогидалги бутӏабазул гӏалимзабазул цӏех-рехаз гьанже «рагьулел» руго. Заман анагӏан цӏи-цӏиял гӏелазги рагьила, гӏалимзабазе загьирлъила церего Къуръаналда хъварал хӏикматалги хӏужабиги. Цохӏо мисал рехсон тела. Кӏиго аскӏоб бугеб ралъдал лъим жубалеб гьечӏилан Къуръаналда хъвараб жоялда божуларелги рукӏун ратизе бегьула. Гӏицӏго XX гӏасруялда гӏалимчи Кустоца гьарурал цӏех-рехазда чӏезабуна Къуръаналда хъвараб битӏараб букӏин.\n— Бечедаб гӏараб мацӏалъул чанго сверелал, диалектал ратила.\n— Къоло лъабго хӏукумат буго гӏарабазул. Щибалъул ва щибалда жанирги руго рагӏаби абулел къагӏидаби, диалектал. Амма киназего гӏаммаб классикияб мацӏлъун ккола Къуръаналъул мацӏ. Буго жакъасеб гӏарабазул литературияб мацӏ, СМИязул, прессаялъул мацӏ, гьединго буго кӏалъа-басаялъул, грамматикияб гуреб мацӏги.\n— Къуръан буссинабизе бегьуларин абула цо-цо цӏаларал чагӏаз. Гьеб рахъалъ дур пикру кинаб бугеб?\n— Къуръан буссинабун буго дунялалъул гӏемерал мацӏазде. Гӏараб мацӏ лъаларев чиясда таржамалдасан цӏалун, лъазабун гурого кин гьеб лъалеб, бичӏчӏилеб. Диниял гӏалимзабиги гьелда дандечӏун гьечӏилан ккола. Руго цо-цо Къуръан буссинабизе бегьуларин абулелги. Дицаго рикӏкӏуна Къуръаналъул таржама гьабизе бегьулин ва кколин. Лъай-хъваялъул мурадалда таржама цӏализе бегьула, амма къимат кьезе, гӏараб мацӏ лъаларев чияс магӏнаби гьаризе бегьуларо.\n— Гӏараб мацӏалъул мугӏалим хӏисабалда, студентазе хъварал методикиял хӏалтӏабиги тӏахьалги ратила дур…\n— Руго, 2017 соналда дица къватӏибе биччана тӏадегӏанал цӏалул заведениязул студентазе хъвараб гӏараб мацӏалъул цӏалул тӏехь, 2018 соналда «Литературный арабский язык» ва нижер кафедраялъул заведующий Артур Гӏумаровасгун цадахъ хъвараб «Практическая грамматика арабского языка» абурал тӏахьал. Араб соналда къватӏибе бачӏана «Учебное пособие по чтению священного Корана» абураб тӏехьги.\n— Гьанжесел гӏолилазул, студентазул цӏалудехун хашаб бербалагьи бугилан абула…\n— Цо рахъалъ гьеб битӏарабги буго. Библиотекабазде ун, тӏадчӏун тӏахьал цӏали цебе гӏадин гьечӏо гьанжесел студентазул. Интернет, мобильниял телефонал, смартфонал гьездехун гьетӏи цӏикӏкӏун буго гӏолилазул. Киналго гьединал ругин абиларо. Нижер факультеталда цӏалулел гӏемерисел студентал руго унго-унголъун лъай босиялда, мацӏал лъазариялда тӏадчӏарал. Гьез гӏахьаллъи гьабула республикаялъул ва Россиялъул даражаялда Востокалъул мацӏазда хурхун тӏоритӏулел конкурсазда ва къецазда.\nМисалалъе, араб соналъул декабрь моцӏалда Москваялда халкъазул гьудуллъиялъул университеталда тӏобитӏараб гӏараб мацӏалъул конкурсалда нижер кафедраялъул магистрант Хӏажи Мухӏамадовас ккуна призалъулаб бакӏ ва гьесие рес щвана лъагӏалица Катаралъул университеталда гӏараб мацӏ жеги мухӏканго лъазабиялъе чӏового цӏализе ине.\n— Кинал мацӏал нужер факультеталда малъулел, цӏали лъугӏидал кир хӏалтӏизе бегьулел?\n— Востоковедениялъул факультеталда малъула гӏараб, фарси, турк, китай ва ингилис мацӏал. Ингилис мацӏ малъула кӏиабилеб мацӏ гӏадин. Студентазе рес буго бокьараб мацӏ тӏаса бищизе. Мацӏ камил гьабиялъе тӏаса бищараб мацӏ бугеб пачалихъалде кӏи-кӏи, лъаб-лъаб моцӏалъ практикаялдеги ритӏула студентал. Нижер факультет лъугӏарал хӏалтӏулел руго учительзабилъун, школазда, преподавателаллъун тӏадегӏанал цӏалул заведениязда, пачалихъиял идарабазда, министерствабаздагун ведомствабазда переводчикаллъун, парахалъи цӏуниялъул органазда, Къватӏисел улкабазулгунисел ишазул министерствоялда ва цогидалги идарабазда."}
{"slug": "7629-magiarul-gazetal-ul-unk-abilev-redaktor", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7629-magiarul-gazetal-ul-unk-abilev-redaktor", "title": "Магӏарул газеталъул ункъабилев редактор", "date": "2020-03-23 13:36:23", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мухӏамад-къади Дибиров гьавуна 1875 соналда Гъуниб округа-лъул Къарахъ мухъалъул Гьочоб росулъ (гьанжесеб Чӏарада район) гӏалимчиясул хъизаналда. Гьесул эмен Дибирхӏажи вукӏана эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло имам Шамилил бетӏерлъиялда унеб букӏараб рагъул гӏахьалчи, гӏолохъанго хӏеж борхарав гӏалимчи ва росдал дибир. 1877 соналда букӏараб багъа-бачариялда, къокъаб шаригӏаталъул заманалда, пачаясул хӏукуматалде данде дагъистанияз гьабураб восстаниялъул гӏахьалчи хӏисабалда Дибирхӏажияс щуго сон бана Сибиралде витӏун.\nМухӏамад тӏоцеве цӏалана инсуда цеве. Гьитӏинаб къоялдасаго пагьму-гьунар бергьарав, гӏакълу-тадбир бугев чи вукӏана гьев. Инсудаса щваралде тӏаде къаралазулгун гӏандалазул росабалъ рукӏарал машгьурал гӏалимзабазда цеве цӏалун Мухӏамадие гъваридаб лъай щола.\nАнцӏила анлъго сон барав чи, Шурагьиб имтихӏанги кьун, магӏарухъе тӏад вуссуна ва цо соналъ Гӏурухъ-Сотӏа росулъ дибирлъи гьабула. Хадубккунги жиндирго лъай камил гьабизе Дибиров Мухӏамад Да-гъистаналъул тахшагьаралде Темир-Хан-Шураялде уна. Гӏалимзабазухъе хьвадун, живго жиндаго чӏун цӏалун, камил гьабуна жиндирго гӏараб мацӏ лъай, лъазаруна астрономия, физика, логика, риторика, философия, математика гӏадал гӏелмаби. Шурагьиб гьесул лъай-хъвай ккола Чӏохъа Мухӏамадмирза Мавраевасулгун, Гъоркьагъазданущиса Абусупян Акаевасулгун. Цо соналъ Гъоркьагъазданущиб дибирлъиги, мадрасаялда мугӏалимлъиги гьабун, гьев витӏула Яхсай росдал мадрасаялде дарсал кьезе. Мухӏамадица гьединго лъикӏ лъазаруна гӏурус мацӏ, география, экономикаялъул, даран-базаралъул кьучӏал.\n1902 соналда Мухӏамад-къади Дибиров тӏад вуссун вачӏана Шурагьиве. Гьениб рагьараб цо классалъул училищеялда Дибировас цӏалдохъабазда малъулаан дина-лъул ахӏкамалги лъарагӏ мацӏги. Гьединго гьес лъазаруна Да-гъистаналъул халкъазул цогидал мацӏалги. Гьев вищула Темир-Хан-Шураялъул къадилъун. Гьелдаса хадуб Мухӏамадил цӏаралде тӏаде къади жубана ва гьесде Мухӏамад-къадиян абизе лъугьана.\nГьебго заманалда Мухӏамад-къадица гьоркьоб къотӏизе течӏо халкъалъе лъай кьеялъул хӏаракатчилъиги.\n1915 соналда басмаялде ра-хъана гьесул «Насихӏаталъул» ва «Этикаялъул» тӏахьал. 1922 соналда Мухӏамад-къадица магӏарул мацӏалде буссинабуна Л. Толстоясул «Кавказалъул асир» къиса («Кавказский пленник»), 1927 соналда бахъана авар мацӏалда «Букварь». Россиялда Февралалъул инкъилаб бергьун хадуб – Мухӏамад-къади лъугьана Кавказалъул даражая-лъул политиклъунги пачалихъияв хӏаракатчилъунги.\n1917 соналъул 9 марталда Темир-Хан-Шураялда губернаторасул минаялда цебе гӏадамаз митинг гьабуна ва гьенибго бищана Дагъистан областалъул исполком. Гьеб идара лъугьана нухмалъиялъул гӏуцӏилъунги. Дибиров вищана исполкомалъул членлъунги, Гъуниб округалъул комиссарлъунги. Гьелде щвезегӏанги Кавказалъул бусурбабазда лъикӏ лъалаан Мухӏамад-къади. Гьев гӏахьаллъана Тифлисалда ва Бакуялда тӏоритӏарал Кавказалъул бусурбабазул съездазда.\nБакуялда кӏалъазе вахъарав Мухӏамад-къадица Къуръаналъул аяталги цӏалун, киналго бусурбаби вацалги яцалги рукӏин ракӏалде щвезабураб лъикӏаб кӏалъай гьабуна. Гӏадамазе цӏикӏкӏараб асар гьабураб гьеб вагӏза бахъана Бакуялъул газеталдаги.\n1917 соналъул 2 августалда Шурагьиб тӏобитӏана шаригӏаталъул судазул рахъалъ гӏалимзабазул съезд. Гьелъул председательлъун вищана Мухӏамад-къади. Съездалъ хӏукму гьабуна гражданиялги уголовниялги делаби шаргӏалдалъун тӏуразаризе. Дибировасул хӏаракаталдалъун Шурагьиб рагьана Дагъистаналдаго тӏоцебесеб педагогикияб техникум, хӏалтӏана гьелъул директорасул заместительлъун.\n1917 соналъул сентябралда Дибировасги Сайпудин Куваршаловасги гӏуцӏана Дагъистан областалъул Милли-комитет. Гьеб политикияб партиялъ учредительнияб Собраниялде рищизе кандидаталлъун рихьизарун рукӏана: Мухӏамад-къади Дибиров, Хӏайдар Бамматов, Зубаир Темирханов, Ибрагьимбег Хӏайдаров, Сайпудин Куваршалов, Хӏоцоса Нажмудин, Гъарабудагъкенталдаса Жамалудин-къади.\nСоциалистазул кандидатал кколаан: Махӏач Дахадаев, Жалалудин Къоркъмасов, Мухӏамадмирза Хизроев, Гӏалибег Тахо-Годи, Гӏабдулмажид Зулпукъаров.\n1918 соналъул март моцӏалда азербайжаназдаги эрменияздаги гьоркьоб рагъ ккана. Бусурбабазе квербакъиялъе ва маслихӏаталъе Бакуялде ритӏарал гӏалимзабаздаги рагъухъабаздаги гъорлъ вукӏана Дибировги.\nДагъистаналда большевиказ кверщел гьабизе бокьичӏого, гьезда данде чӏезе Турциялъул кумек гьарун 1918 соналъул марталда Стамбулалде ана М.-Къ. Дибиров, Хӏ. Бамматов, Т. Чермоев ва З. Темирханов. Гьезул хӏаракатчилъиялъул хӏасилалда, турказул квербакъиялдалъун, 1918 соналъул октябралда Северияб Кавказалда гӏуцӏана Мугӏрузулаб Республика. Гьелъул парламенталъул членлъун вищана М.-Къ. Дибиров. 1919 соналда Деникинил хъазахъаз биххизабуна гьеб республика.\nГьесул цӏалдохъанлъун вукӏана хадувккун машгьурав политикияв хӏаракатчилъун вахъарав, лъебергогӏан соналъ Дагъистаналъул нухмалъиялда вукӏарав Гӏабдурахӏман Данияловги.\n1920-1929 соназда Дибиров хӏалтӏана Буйнакскиялъул педагогикияб техникумалда.\nГьанибго абизе ккола 1926 соналда Самурскиясул, Къоркъмасовасул, Тахо-Годил къокъаялъ Дагъистаналъул халкъалъул гӏаммаб мацӏлъун тюрк мацӏ гьабизе кколин абураб ахӏиялъул рахъ кколевлъунги щаялиго М.-Къ. Дибировги вукӏанин. Амма, талихӏалъ, халкъалъ гьеб пикру къабул гьабичӏо.\n1924 соналда Мухӏамад-къадица Буйнакскиялда гӏуцӏана «Дини-Комитет». Гьеб цолъи къеркьана мадрасаби къаялде, вакъфуялъул ракьал пачалихъалъе рахъиялде, колхозал гьариялде, кулакал ралагьиялде дандеги.\nМухӏамад-къадица жиндирго пикру загьир гьабулел макъалабигун, лъай кьеялда, бугеб ахӏвал-хӏалалъе къимат кьурал макъалабигун цеве вахъунаан «Джаридату Дагъистан», «Мусават», «Аваристан» газетаздасанги.\nМухӏамад-къади жанив тӏамуна 1929 соналда ва 1930 соналъул авалалда чӏвана.\nРитӏухъ гьавуна 1956 соналда."}
{"slug": "7630-chiuntulel-rugo-magiarukh-rosabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7630-chiuntulel-rugo-magiarukh-rosabi", "title": "Чӏунтулел руго магӏарухъ росаби", "date": "2020-03-23 13:43:55", "categories": ["magiarukh"], "text": "Дунялалъул рагӏалда бугебги, хъатиниб лъураб гӏадин, бихьизабизе рес бугеб заман гьаб бугелъул, бокьарав чиясда кӏола, Интернеталъул кумекалдалъун, цогидал улкабазда ругезулгун бухьен гьабизеги гьез гӏумру гьабулеб къагӏида бихьизеги.\nМасала, араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаго Казбек районалдаса Германиялде гочарав Рамазаница, скайпалдасан рихьизарулел рукӏана немцазул росабиги гьезул гӏадамазул бугеб гӏумруги. Гьединабго бечедаб ва лъикӏаб гӏумру Европаялъул цогидал улкабазул росабалъги батулеблъи хӏакъаб буго. Азиялъул рахъ босани, масала, Япониялъул хӏукуматалъ, гӏадамал росабалъ чӏезариялъул мурадалда, гьезие хӏажаталщинал шартӏал чӏезарулел руго. Гьезул аслияб мурадги рагӏула жидерго гӏадатал, культура, тарих, памятникал ва цогидабги цӏуни.\nИспаниялда гӏумру гьабун вугев Ахӏмад Сурхатиловас бицухъе, гьеб улкаялъул пенсионерал кколел руго бищун бечедал ва ресалда ругел гӏадамал, росабалъ ругезул букӏунила цӏакъ берцинаб ва рахӏатаб гӏумру.\nЩибха бугеб Россиялъул, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналъулги росабалъ? Тӏокӏаб жоялъул бицинчӏониги, ахираб 20 соналда жаниб цохӏо Дагъистаналъул мугӏрузул районазда 45-ялдасаги цӏикӏкӏун росу чӏунтун буго. Гӏилла – гӏадамал, магӏишат гьабизе бигьаяб бакӏ балагьун, гӏатӏиракьазде гочин. Гьелдалъун, росабаздаго цадахъ, чӏунтулеб буго мацӏги, тӏагӏунел руго гӏадаталги, билун, лъугӏун унеб буго тарихги. Гьеб нилъер талихӏкъин букӏин жеги кколедухъ бичӏчӏулебги гьечӏо. Бичӏчӏулеб гьечӏо росулъа гочунев щивав чиясда цадахъ, чабхилъе лъим гӏадин, тӏагӏунеб букӏин росдал гӏумруги, гӏадаталги, яхӏ-намусги, рукӏа-рахъинги, хьвада-чӏвадиги, хиса-баси кколеб букӏин тӏабигӏаталъулги. Хурзалги, ахалги, харибакӏалги гьечӏелъур чӏолел гьечӏо рухӏчӏаголъабигицин, хасго хӏанчӏи.\nЖакъа харабазецин бокьулеб гьечӏо росабалъ чӏезе. Лъиеха бокьилеб гӏура-гӏурал лъималги, лъикӏаб гӏумру балагьун, талихӏалда хадур къватӏире ине ккараб мехалда, жалго гьенир рукӏине. Моцӏрое бачӏунеб пенсиялъул 11 азарго гъурщихъ цӏулищ, тӏурччийищ босилеб яги дарабазухъищ гьеб кьелеб?\nУмумузда гӏадин къобихьун, магӏишат гьабизе гӏолилазеги бокьулеб гьечӏо. Гьабейилан гьезда абизеги бегьиларо. Гьездаги бихьулеб бугелъулха дунял хисун букӏин. Шартӏал гьечӏеб бакӏалда гӏумру гьабулев чи вукӏунаро жакъа. Пачалихъалъги росабалъ шартӏал чӏезариялъе, гӏолилазе хӏалтӏи букӏинабиялъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏи гӏей гьечӏеб буго.\nЮгалъулаб Дагъистаналда рехун тарал, чӏунтарал росабазул къадар нусгоялдасаги тӏаде унин хъвалеб буго республикаялъул экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъул сайталда. Ахираб лъабго соналда жаниб мугӏрузул росабалъа гӏатӏиракьазде гочун руго 30 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи. Жакъа чӏвадназде сверарал росабийин абуни лъугьун руго туристазе багъилал бакӏаллъун. Амма гьенире рачӏунезул къадарги гӏемер букӏунаро тарихиял памятниказде сверарал гьел бакӏазде сах-саламатал нухал гьечӏолъиялъ. Гьеб киналъулго хӏасилалда чӏвадназде сверарал росабиги лъугьун руго нилъер умумузул гӏумру-яшавалъул бицунел гӏицӏал нугӏзаллъун."}
{"slug": "7635-koronavirus", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7635-koronavirus", "title": "Коронавирус", "date": "2020-03-24 06:41:53", "categories": ["bakikos"], "text": "Гьаб щиб квешаб хабар, коронавирус,\nВирус гъорлъе ккаяз ургъараб хӏилла!\nХӏамузда, гьаказда, «маххул чуязда»,\nЦӏунцӏрабаца гӏадин баччулеб нигӏмат.\nХанжу-квараялъул, чакар-цӏамалъул\nНахърател гьабуни, гьанирищ толел?\nКартошка, капуста тоннабаз босун,\nИхдалил къояца кин гьеб цӏунилеб?\nМакарон, бугӏа, ролъ лъагӏалий гӏураб,\nНацӏ бангӏаги холин хиял кколарищ?\nШампуналгун сапнал — сундуе запас,\nЧурун тӏом ччукӏизе тӏадищ босараб?\nЗапасал гьаризе санагӏат ккечӏел,\nМетер квен тӏагӏани, кире тӏурилел?\nМискин-пакъирасе бикьа-къотӏичӏеб,\nМахӏшаралда нужер щокъроб къаларищ?\nГӏанхрил гӏамал бугеб, гӏорцӏулареб къавм,\nКъиямасеб къоялъ киндай букӏинеб?\nЦоцазул гьан квине хӏадуралщиназ,\nХӏисаб кьолеб мехалъ щибдай гьабилеб?\nАллагьас дуй кьурал къоял тӏагӏани,\nКъуват букӏинадай хвел нахъе чӏвалеб?\nГӏизраил малаик къаданив щвани,\nЩиб багьана батун чӏаго хутӏилев?\nКинабго тӏощалил запас гьабуни,\nГьанирго телилан божийищ лъураб?!\nБагьаби тӏаде чӏван щвараб гӏарацищ,\nРишваталъе кьелеб дунял бокьараз?\nНужей гӏумру кьеял, яцалгун вацал,\nЧахьал цӏезаризе нуж гӏедегӏуге!\nГӏодор бутӏрул къулун, цере кверал ккун,\nХӏеле ракӏ-ракӏалъго, Бичасде хьулгун.\nКакда хадуб гьаре, гьабун дугӏагун,\nГӏакълу кьейин абун бищунго цебе!\nАллагьасе щукру, рецц гьабун чӏезе,\nРекӏей иман гьаре Тӏадегӏанасда!\nВирусалъ къо тӏагӏун хвезе ратани,\nЦадахъ босулелъул ургъел гьабичӏищ?\nАнтивирус бугин гьелъий садакъа,\nГьедин гьеб «корона» кин нахъ чӏвалареб?!\nНилъер хӏал бихьизе тӏаде тӏамураб,\nКъо хӏехьечӏонани, ццин бахъинарищ?\nБихьараб хӏехьезе сабруги гьарун,\nГӏодоре руссани, лъикӏ букӏинарищ?\nДицани абила – АлхӏамдулиЛлагь,\nРецц дуе Бетӏергьан, я РахӏимуЛлагь!\nКъисматалъ хъваралда, дуца кьуралда,\nДун разияй йиго, хирияв Аллагь!"}
{"slug": "7636-virusal-ulgun-kal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7636-virusal-ulgun-kal", "title": "Вирусалъулгун кьал", "date": "2020-03-24 06:47:51", "categories": ["bakikos"], "text": "Вирусалъул тӏел бугин тӏаде щвезе гӏагарлъун,\nГӏажалалъул лъар бугин Китаялдаса щолеб.\nВоре! Цӏодорлъи гьабе! Гӏорхъаби щула гьаре!\nГӏадан жанив виччаге къватӏисел улкабазул.\nКинабго къайи нилъер «Маде ин Китай» буго,\nГьанже гӏажалги нилъей гьенисандай бачӏинеб,\nРачӏунел унезени гӏорхъичӏвай гьабилаан,\nГӏажал гьукъизе кӏолев чи вуго дий къваригӏун.\nКванил нигӏматал ругел тукабахъ товар течӏин,\nМетерисеб къоялда божилъи хунищ бугеб?\nХанжу – чакар букӏунел базаби гӏолел гьечӏин,\nХӏукуматалъул бутӏруз рехун телинищ ккараб?\nНужехъ кванил нигӏматал, хӏалхьезегӏан ругелъул,\nМаликумавтасдаги абе дагьалъ чӏайилан.\nМаска ххуни «гьукъулеб» гӏажалалъул унтиги,\nИнкар ккун нуж чӏанани, чӏвалеб батила нахъе.\nГьардарал дахӏалазе дунялалъул хиралъи,\nХвезе рижун гьечӏелъул даимго гьанир рукӏа.\nНужеда вихьулелъув Гӏизраилги гьечӏелъул,\nГьурмада маскаби ххун хвалдаса цӏуни гьабе.\nБазарги базабиги рокъоре сокӏкӏаниги,\nСагӏаталъ нахъе цӏазе къадар нужей кӏвеларо.\nУнтудаса цӏунизе жигар гьабунаниги,\nЖаннаталде унезе гьелъ кумек гьабуларо.\nЧармил къолдаби ретӏе, тӏагӏун бугин бачӏунеб,\nТӏибалъул сабаб къачӏай къо лъугӏарал холареб.\nХехго гӏарадаби цӏе гӏажалалде речӏчӏизе,\nНужго дуниялги ккун, даимго гьанир тезе.\nДиени гьабсагӏаталъ хваниги кӏвар гьечӏоан,\nХаликъас хирияйгун хӏуснул Хатимат кьуни.\nВирусалъул унтулги ургъел гьабилароан,\nАлжаналъувегӏаги рехулев лъалебани."}
{"slug": "7637-khasavyurt-bazaralda-bosuleb-bugo-khanzhu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7637-khasavyurt-bazaralda-bosuleb-bugo-khanzhu", "title": "Хасавюрт базаралда босулеб буго ханжу…", "date": "2020-03-24 06:50:00", "categories": ["bakikos"], "text": "Цо-цо багьана батун,\nХварал харбалги риччан,\nХасавюрт базаралда\nБосулеб буго ханжу.\nМакарон, песокалъул\nПаэтонал хӏадурун,\nХӏурда росун киналго\nТӏерхьана Чачаналъе.\nНахул шушбиги раччун,\nВилълъине кӏолеяв чи,\nКӏвараб хӏалалъ гьаказда\nГьункьиялда рачӏунел.\nКӏиго къоялда жаниб,\nТерек базар абуни,\nТукаби чӏороголъун\nЧӏабар баккун бугоан.\nВай тамаша — гӏаламат\nГӏажал — унти баккидал\nГӏилла кинаб букӏунеб\nКваназе хӏадурулел?\nГӏадамас жиндир ботӏролъ\nЛъезе ккеларищ пикру,\nКъадар тӏаде щванани,\nЩибдай дир хӏадур бугеб?\nКвешал унтабаздасан\nКиналго цӏунейилан,\nКвералги ккун гьардезе\nВагӏза щай гьабулареб?\nАллагьас гӏакълу кьеги,\nГӏумру бигьа гьабизе,\nИман тӏинкӏизабеги\nТӏадагьал бутӏрузулъе."}
{"slug": "7638-virusazul-biznes", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7638-virusazul-biznes", "title": "Вирусазул бизнес", "date": "2020-03-24 07:00:25", "categories": ["bakikos"], "text": "КороВОвирусалъул\nКонтора кибдай бугеб?\nКинаб хӏукмуялдалъун\nХӏалтӏулебдай гьеб бугеб?\nХӏалица дунялалда\nУнти тӏибитӏизаби\nТӏаде босун гьабулез\nМурад киндай бахчулеб?\nГьединал гӏаламатал\nГӏемер гурищ рихьарал?\nГӏадамазда гьерсилал\nВирусал чанги лъарал…\nКъогогӏан соналъ цере\nСибиралъул язваялъ\nРакьалда чи теларин\nТаманалго хӏинкъарал.\nХӏалица гьеб тӏагӏиндал\n«Тӏибитӏана» хӏанчӏил грипп,\n«Чӏвазе дагьалъ хутӏана» –\nХаликъасдай цӏунана?\nЦӏидаса хадусала\nБолъонилги бачӏана,\nБолгьон, гьебгӏаги киса\nКодобе щун букӏараб?\nЩибаб нухалъ ургъулел\nВакциналги рукӏана…\nЭзул базарги гьабун,\nБечелъаралги ккана.\nГьанжесалалъ тӏадеги\nКатнал маскаби ричун,\nАптеказ кеп босана…\nРасги гьечӏеб унтиги\nУргъарал вирусалги\nБизнесалъул макруги\nБожулел гӏадамалги\nГьединаб буго «гӏадлу»,\nГӏад – хочӏалъе бицани,\nБахьикъосал, къапун чӏа,\nЧӏаго – сахго хутӏизе…"}
{"slug": "7639-ikh-roguneb-giuzhalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7639-ikh-roguneb-giuzhalda", "title": "Их рогьунеб гӏужалда", "date": "2020-03-24 07:03:03", "categories": ["lit"], "text": "Гьале исанаги рогьунеб буго их. Гьеб рещтӏунеб буго нилъер щивасул рекӏелъе рогьелги, рохелги, гьогьенги гьурщулаго. Дида чӏвалеб буго магӏаруллъиялъул махӏ. Мугӏрузда гӏадаб берцинаб их кибго букӏунеб батиларо.\nГьелдаго цадахъ чӏвалеб буго лъимерлъиялъул махӏги. Ясазул къокъагун цадахъ марталъул байбихьудаго унаан дерец тӏугьдул ралагьизе. Дица хӏаракат бахъулаан бищунго цее ккезе ва, квераз гӏазуги нахъе гьабулаго, дерец балагьизе. Дун цӏакъ божулаан эбелалъ бицунеб букӏараб дерец тӏегьалъул къисаялда. Гьелъул талихӏаб ахирги букӏана: тӏоцебе дерецалда берчӏварав чи гьеб соналъ бищунго талихӏав вукӏунилан бицунаан эбелалъ.\nГьабсагӏаталдаги ракӏалде щола дида эбелалъ сайгъат гьабун букӏараб дерец, зама-заманалдасан гьелъул тӏагӏамги басандула кӏалдиб. Гьебги дихъе кьолаго, магӏил гаралги гирана гьелъул бадиса ва, зобалазде квералги ритӏун, Тӏадегӏанасда гьардана гьей жиндир ясалъе гӏемераб талихӏ кье-йиланги абун. Гьеб дерец жеги цӏунун буго дица, пакеталда жанибги лъун. Бакъвараб гьеб чагӏолъулеб гӏадаб асар гьабула дир рекӏее, ихалъул ругьел щведал. Ракӏалда буго, дерец батараб мехалда, рикӏкӏунел рукӏарал рагӏабиги. Магӏнаги лъалароан, лъачӏониги, рохунги рукӏунаан:\n— Ясал цӏилъун, цӏихер бижун,\nДерец гӏинкълъун,\nгӏин цӏодорлъун…\nИхалда цадахъ нилъер гӏумруялъул гӏидраялдаги рещтӏуна роцӏарал пикраби. Хасалил саву хисун бачӏунеб мартӏалда релълъарал цо-цо гьезги пашман гьаричӏого хутӏуларо.\nИхдалил цӏилъиялъ рекӏел хӏалги хӏайран гьабун букӏуна. Хасалил хъахӏаб тӏимугъалъулгун къо-мехги лъикӏ гьабулаго, тӏабигӏаталъ къабул гьабулеб буго ихдалил ретӏел. Лъикӏаб хӏалалда цӏабуцӏинеги цӏабуцӏун, гьелъ тӏубанго тӏаса рехулеб буго хасалил форма. Ва гьале жиндирго кверщаликье ккараб тӏабигӏаталъул каранда ихалъ ретӏунеб буго, гӏурччинал маржаналги рекьун, чӏухӏизабураб гурде. Гьелда ругелщинал гӏаламаталги. Гӏурччинаб гӏидраги гьениб, гӏидраялда расандулел кьагӏазул гъадиги рагӏула гьениб, гьанжего гьанже тӏегьазе хӏалбихьулел кьер-кьерал тӏугьдузул нуралги гьенир, лъил каранда сунареб цӏа лъезедай жиб инейилан ургъулеб бугеб рокьул сариназул гучги гьениб, гьелчолеб талихӏалъул махӏалги гьенир, доба кибалиго рикӏкӏада тракторазул гьаркьалги…\nЦогиги цебе абулаан их магӏарухъе, оцазул лълъурдуздаги бухьун, бачӏу-нилан. Гьелъул магӏна батила, ихдал рекьи оцаз гьабулеб заманалда, ракь рекьиялъухъ гӏащикълъун бугин абураб.\nЖиб тӏаде щолеб бугилан ахӏдолаго бачӏунеб ихалъ чӏвалеб къолол гьаркьихъеги ахӏулеб кочӏол бакъаналъухъе кьурдизе биччайилан каранда тархелеб ракӏги буго.\nЦӏияб их цӏияб талихӏгун ва цӏияб сахаватлъигун рещтӏун батаги. Нилъер киназулго анищалги цӏилъаги, пикрабиги цӏураги, ихдалил сариназул сасги тӏагӏунгеги гӏумруялъул гӏидраялдаса."}
{"slug": "7642-chiyasul-tiadegianl-i-bertsinab-khasiyat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7642-chiyasul-tiadegianl-i-bertsinab-khasiyat", "title": "Чиясул тӏадегӏанлъи – берцинаб хасият", "date": "2020-03-24 07:19:02", "categories": ["history"], "text": "Исламалда рекъон, чӏужугӏадан ккола росасул, гьесул магӏишата-лъул, ай рокъоб бугебщиналъул жавабияй гӏадан. Лъикӏаб ахираталъе ва гӏадамазда гьоркьоб къадру-къиматалъе мустахӏикълъизе ккани, рос-рукъги данде бачун, лъималазе тарбияги кьун йигебги гӏолеб буго гьелъие.\nДунялалъул яги ахираталъул ургъел гьечӏел хӏалихьатал росазулгун къадар хъварал руччабаз щибха гьабилеб? Гьеб гӏузру кидаго букӏана гӏадамазда гьоркьоб.\nГьелъул хӏакъалъулъ «Мажму-гӏатуль фаваид» тӏехьалда Чӏикӏаса шайих Сагӏид афандияс (къ.с.) хъвалеб буго: «…Пиргӏавние хъулухъ гьабун, гьесие мутӏигӏлъун, гьесул лъади Асиятие щвараб даража хал гьабизе лъикӏ буго руччабазе, росасде данде къацандиялдаса. Гьекъолев-мехтулев вукӏиналдалъун гьевгун дагӏбадиялъ гьелъие гьабизе бегьулеб «хайир» – рукъ биххиги, лъимал бесдаллъиги буго. Гьесие гьабулеб хъулухъги чӏужуялъ, гьесул гьекъолдиялдаса йохун я разилъун гьабиларо. Гьадинаб нияталда гьабила, гьелъ Аллагьасдехун ахӏила: «Я Бетӏергьан, Дуда вихьулаха гьавги, гьасул хьвадиги, гьасдаса разилъун гуроха, Бетӏергьан, дица гьасие хъулухъ гьабулеб бугеб, Дур амруялда нахъйилълъун, дида тӏад росасе бугеб хӏакъ тӏубазе кколеб букӏиналдалъун буго», — абун. Пиргӏание Асиятицаги хъулухъ гьединин гьабулеб букӏараб. Гьединаб ният-къасдалда росасе гьей мутӏигӏлъиялъул баракаталъ гьев битӏараб нухде вуссинеги бегьила.\nТӏад ханго гьечӏев хӏаким гӏадин, бокьухъе хьвадизе росги бегьуларо. Гьесги цӏунизе ккела жиндирго гӏорхъи. Жиндие рес буголъиялдаса пайдаги босун, руччаби инжит гьаризе бегьуларо. Шаргӏалда рекъон рос-лъадиялъе цоцада тӏад бугеб хӏакъ бицани, гӏемераб жо хъвазе ккела, гьеб хӏакъ цоцае тӏубазеги хасго гьанже заманалда кӏоларо. Кӏолеб, гьабизе ресги бугеб, жегиги тӏадабилан абизегицин бегьулеб жо буго цоцада тӏаса лъугьун, тавбу гьаби. Гьадин гурого, гьекъолев, мехтулев вугин абун, росасдаса ятӏалъеян чӏужуялде абулев чи вукӏунаро. Бегьулебги гьечӏони, хӏехьезеги кӏвечӏони, жийго ятӏалъеян абеха гьелда, дагӏба гӏадамасул гьечӏелъул».\nЖидедаса мисал босизе мустахӏикъал гӏемерал руччаби руго исламалда. Бицен буго, цо нухалда Мухӏамад аварагас (с.т.гӏ.в.) салуда ункъо мухъги бахъун асхӏабзабазда гьикъанила гьазул магӏна щибали лъалищилан. Лъаларилан жаваб кьун буго гьез. Гьеб мехалда Аварагас (с.т.гӏ.в.) рехсон руго исламалъул бищунго тӏадегӏанал руччабазул ункъоял: Хадижат, Фатӏимат, Асият ва Мариям.\nПиргӏавнил чӏужу Асият\nНекӏсияб Египеталъул хан Пиргӏавнил чӏужу Музахимил Асият йикӏана цӏакъ Аллагьасдаса хӏинкъарай, динияй гӏадан. Дунялалда бищунго къосарав чиясул чӏужулъун йикӏаниги, росасдаса балъго жиндирго динги гьабун йикӏана Асият. Гьелъ хьихьизе вачана лъарал рагӏалда ватарав Мусаги. Къосарав Пиргӏавница кигӏан гӏакъуба кьуниги, гьей Аллагьасул диналдаса юссинчӏо. Дунялалдаго алжан бихьизабурай гӏаданлъунги ккола гьей.\nГӏиса аварагасул эбел Мариям\nКъуръаналда 33 нухалда рехсон буго ва 19-абилеб сураялда лъун буго Имранил яс Мариямил цӏар. Гӏадамаз кигӏан захӏматал бугьтанал лъуниги, гьелъ кинабго хӏехьана Аллагьасе гӏоло. Гьелъул сабуралъухъги, яцӏцӏалъиялъухъги, Аллагьасдаса хӏинкъиялъухъги Гӏиса аварагасул эбел Мариям цогидал руччабаздаса кӏодо гьаюна Бетӏергьанас.\nХадижат\nАллагь разилъаяй Хадижат йикӏана Макка шагьаралда бищун къадру-къимат бугей, берцинай, яцӏцӏадай, бечедай, цӏакъ бажари бугей, лъикӏаб тухумалъул гӏадан.\nМухӏамадие (с.т.гӏ.в.) Авараглъи кьун хадуб гьей сундаго барахщичӏого, Аварагасе кумекалъе яхъун чӏана. Гьелъ боцӏиги, къиматги, къадруги, гӏагарлъиги, бечелъиги, гӏакълуги, бажариги – кинабго исламалъе хӏалтӏизабуна. Цӏакъго къварилъи-захӏмалъи цӏикӏкӏараб мехалъги Хириясе (с.т.гӏ.в.) гьей ракӏ чучулей гьудуллъунги, гӏакълу дандбалей вазирлъунги, захӏмалъи тӏаса босулей кумекчӏужулъунги йикӏана.\nИсламалъе гьелъул букӏараб кӏудияб кумекги бихьун, гьей хвараб соналда Аллагьасул Расулас пашманаб сонилан цӏар тана. Хадижатица гьесие Ибрагьим хутӏизегӏан киналго лъималги гьаруна. Гьей хун хадуб Аварагас (с.т.гӏ.в.) исламалъе гьелъ гьабураб иш киданиги кӏочене течӏо. Хадижатил рукӏарал гьудулзаби-руччабазеги Аварагас сайгъатал ритӏулаан.\nХӏадисалда буго: «Жабрагӏил малаик вачӏанила Хирияв Аварагасухъе ва абунила: «Я, Аллагьасул Расул, гьай Хадижат ячӏуней йиго кодоб цӏарагӏгун, дандежоги босун, квана-гьекъезе жогун. Гьей дуда аскӏое щвараб мехалъ, дуца гьелда Бетӏергьан Аллагьасдасанги дир рахъалдасанги салам бице, гьелъие алжаналда жинда жаниб ахӏтӏей-хъуйги гьечӏеб, захӏмалъиги гьечӏеб меседил муцӏцӏидал рукъ бан бугиланги абе», — абун.\nАварагас Хадижатида Жабра-гӏилас абураб бициндал, гьелъ абуна: «Аллагь вацӏцӏадав вуго, Гьесда саламги буго, Жабрагӏилида саламги лъеги», — ян абун. Хирияв Аварагас (с.т.гӏ.в.) цоги нухалъ гьелда абуна: «Мун алжаналъул руччабазул кӏудияй йикӏине йиго», — иланги. Гьелъ гьикъана: «Гӏисал эбел Мариям, Пиргӏавнил Асият щалха кколел?» — абун. Хирияс жаваб кьуна: «Асият – жиндир заманалъул руччабазул кӏудияй ккола, Мариям – жиндирго заманалъул руччабазул кӏудияй ккола, мун – дурго заманалъул руччабазул кӏудияй ккола», — абун.\nФатӏимат\nФатӏимат Аварагасе (с.т.гӏ.в.) цӏакъ йокьулаан ва кӏодоги гьаюлаан. Хирияс гьей кьуна Аллагь разилъаяв Гӏали асхӏабасе. Гьелъ Гӏалие щуго лъимерги гьабуна: Хӏасанги, Хӏусенги, Мухӏсинги (гьев гьитӏинго хвана), Уммукулсумги, Зайнабги.\nФатӏимат йикӏана Аллагьасе гӏибадат гьабулей, дунялалъул захӏмалъи-къварилъи хӏехьолей, хирияв Аварагасул кӏодолъи лъикӏ лъалей, камилай гӏадан. Аллагь разилъаяй Гӏаишатица абуна Фатӏиматидаса калам битӏарай гӏадан жинда йихьичӏилан.\nХирияв Аварагас абулаан: «Фатӏимат – дир чорхол цо кесек йиго, гьелъул ццим бахъинабурав чи, дирги ццим бахъинабурав чи ккола», — ян. (Бухари ). Хирияв Аварагасе капурзабаз гьабулеб къварилъи гӏемер бихьулеб букӏана гьелда. Гьелъ жинцагоги капурзабазул къварилъи гӏемераб хӏехьана. Кагӏбаялда аскӏов суждаялда вукӏаго Аллагьасул Расуласул габуралде тӏаде Гӏукъбат абурав къосарав чияс хъураб вараниялъул чорокаб ургьимес рехана. Цинги, Фатӏиматица инсул габуралдаса гьеб чороклъи чурана.\nАллагьасул Расулас Фатӏиматида цо жо бицана ва гьей гӏодана. Хадубго цоги жоги бицана – гьей йохана. Гӏаишат гӏажаиблъана, цого бакӏалда гӏодиги релъиги кин букӏунеб жоян. Хирияв Авараг чӏаго вукӏаго гьелъ гьеб лъидаго бицинчӏо. Гьев хун хадуб Гӏаишатида бицана гьелъ, тӏоцебе Аварагас жинда живго хвезехъин вукӏин бицанила, жийги гӏоданила. Жинда хадуй жиндир агьлуялъул тӏоцее мун хвезе йигилан ва алжаналъул руччабазул кӏудияй мун йикӏине йигиланги абунила. Жийги йоханила.\nХирияв Авараг хун хадуб анлъго моцӏидасан хвана Фатӏимат. Холеб къоялъ гьелъул гӏумруялъул 28 сон букӏана. Хириясул наслуги, гьелдаса гурого, нахъе хутӏичӏо.\nЛъаладай гӏодизе гьанже беразда?\nГьитӏинаб мехалда, ракӏалда буго\nБабаго-бабаян гӏодулев дунго,\nЭбелги херлъана, дунги цӏикӏкӏана,\nЛъаладай гӏодизе гьанже беразда?\nЛъазеги бегьула, багьана ккани,\nКерен бухӏараб къо къавулъе щвани,\nКъисматалъ дидаса эбел яхъани,\nИнарилан ккарай уней йихьани.\nЧӏаго мун йикӏаго гӏодизе анищ\nГӏумрудул нух тарай,\nкъвакӏарай эбел.\nЭбелалъе кьола кинабгӏаги рецц,\nГӏалам бижарасда гьарулеб мехалъ.\nКӏикъого соналъул ригь бачӏинегӏан,\nБичӏчӏулеб батичӏо тараб лъимерлъи.\nЛъилго ургъел ккечӏеб\nдунял лъазегӏан,\nГӏадан херлъиялъул гьабичӏо хӏисаб.\nХӏалкӏолев Бетӏергьан,\nтӏаса лъугьа Мун,\nМун кӏочараб сагӏат сверун батани,\nЯги эбелалъул ургъел гьабичӏеб,\nГьодораб цо лахӏзат хутӏун батани.\nХӏамзат Жамалов,\nХарахьи росу"}
{"slug": "7667-shchivas-batia-batiago-shchaj-giuzrabazul-bitsine-kkoleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7667-shchivas-batia-batiago-shchaj-giuzrabazul-bitsine-kkoleb", "title": "«Щивас батӏа-батӏаго щай гӏузрабазул бицине кколеб?»", "date": "2020-03-27 07:18:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ункъо магӏарулас гьабизехъин бугеб ункъо батӏияб съездалъул бицун букӏана нижеца цебеккун. Гьел ккола Мухӏамад Чагучиев, Денга Халидов, Юсупбег Юсупов ва Шамил Хадулаев.\nЧагучиевгун Халидов хутӏизегӏан, Юсуповги Хадулаевги рази руго цолъун, цо съезд гьабизе. Амма гьезул цонигияс жеги къо-моцӏ чӏезабун гьечӏо гьелъие.\nЩивас батӏа-батӏаго данделъун щай республикаялъул гӏузрабазул бицине кколеб? Щай гьел цойиде ракӏаруларел? Къваригӏунго бугодай гьеб съезд яги гьелъул бакӏалда форумищ тӏобитӏизе кколеб?\nГьел суалал дандрана 17 марталда Махӏачхъалаялда Профсоюзазул минаялъуб букӏараб данделъиялда.\nГьелда гӏахьаллъана Юсупбег Юсуповги Шамил Хадулаевги. Амма Чагучиевасул яги Халидовасул рахъалдаса рачӏарал чагӏи рукӏинчӏо.\nГьенир халлъулел рукӏана республикаялда рагӏи билълъарал экономисталги, жамгӏиял церехъабиги, гӏалимзабиги, цере лъикӏал хъулухъазда рукӏарал дагъистаниялги.\nТӏолго дагъистаниязул съезд щай къваригӏарабали бицунаго, гьез ракӏалде щвезарулел ругоан исана республикаялда районазул ва шагьаразул собраниязде тӏоритӏизесел рищиял (тӏадеялъул гьел РФялъул Пачалихъияб Думаялдегун ДРялъул Халкъияб Собраниялдеги тӏоритӏизе руго).\nБакӏал ралезул гильдиялъул вице-президент Хӏажи Хӏажиевасул рагӏабазда рекъон, ахираб микьго соналда жаниб анкьго завод заказал гьечӏолъиялъ тӏубараб хӏалалъ хӏалтӏичӏо.\nХӏакъикъаталдаги, 2018 соналда дандеккун, 2019 соналда 50 проценталъ дагьлъун руго гьел заказал. Гьелъие гӏилла кколин Совет Союзалдагӏанасеб къадаралда гьанже рагъулалгун гражданиял гумиги къватӏире риччангутӏиян баян гьабуна гьеб хӏужа М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб заводалъул генералияв директор Гӏабдулвагьаб Папалашевас.\nРегионалъул экономика гьеб экономикаялда хӏалтӏулел гьоркьохъеб классалъул чагӏазда бараб букӏунин абуна Хӏажи Хӏажиевас. Гьединлъидал экономикаялде кӏвар кьезе кколила.\nГурони, Хӏажи Хӏажиевасул пикруялда рекъон, рынокалдаса нахъе уне-унел рукӏине руго нилъер предприятиял. Масала, гьедин нахъе ун буго бакӏал ралеб 250 гӏуцӏи – къан яги республика тун къватӏибе гочун.\nХӏажиевас кӏвар буссинабуна мугӏрузул росаби цӏунун хутӏиялъе квербакъиялдеги:\n«Хъата-масан мугӏрузул районал церетӏезариялъе программаги хӏадурун, тӏалъиялъ гьелъие биччана 500 млн гъурущ. Гьеб гӏарац щуго соналде бикьани, нус-нус млн гъурущ кколеб буго. Гьеб нусго миллионги бикье мугӏрузул 28 районалда гьоркьоб, ккола – лъабго миллионалдаса цӏикӏкӏараб гъурущ. Гьеб мехалда кинаб цебетӏеялъул бицунел нилъ ругел?\nАхираб 15 соналда жаниб магӏарухъа гӏодоблъиялде гочана 300 азарго чи. Гъоркьиса маялда Нальчикалда букӏараб Северияб Кавказалъул форумалда борхана нижеца гьеб суал. Гьеб мехалда президентасул администрациялдаса референтас босун ана дихъа мугӏрул церетӏезариялъул, энергетикаялъул ва лъел хӏакъалъулъ хъвараб лъабабго докладги».\nСъезд гьабизе кколин рикӏкӏунезул цояв вуго юридикиял гӏелмабазул кандидат Шамхал-Дибир Гӏисаевги.\nЖал республикаялъул тӏалъиялда дандечӏарал чагӏи гурин абуна гьес, гӏицӏго бокьараб жо бугила республика кризисалдаса борчӏизаби. Хасго гьев рекӏекълъун вугоан «ахираб кӏиго соналда жаниб республикаялда хӏалтӏизабизе бажаричӏого, Москваялде 24 млрд гъурущ нахъбуссинабиялдаса».\n«Дагестан Единый» абулеб жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Юсупбег Юсуповасул рахӏат хвезабулеб буго гьадинал хӏужабаз:\nГӏиси-бикъинаб даран-базаралъул чагӏазе квалквалал гьарулел руго. 200-гӏан росуги буго жеги жидер даража чӏезабичӏеб, налогал лъечӏого, хӏисабалде росичӏого тарал севералдагун югалъул рахъалда ругел ракьазулни бицинего ккелищха.\nХӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏолохъабазул 100-150 чи уна къойилго республика тун къватӏиве. Кутакалда ракӏбакъвазабулеб хӏужа буго гьеб».\nНилъер гӏадамазул кутакалда гӏайиб-гъвел буго ахирал соназда нилъехъе нухмалъулел къватӏиса рачӏунел рукӏунилан.\nГьелда бан кӏалъана М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб заводалъул генералияв директор Гӏабдулвагьаб Папалашев:\n«Нилъехъе ДРялъул бетӏерлъун Владимир Васильевги хӏукуматалъул нухмалъулевлъун Артем Здуновги рачӏин нилъерго гӏайиб ккола. Нилъеца гьабуралъухъ балагьунин Владимир Путиница гьел гьанире ритӏарал, гьез Дагъистан рукӏалиде бачинилан хьулалда.\nДида ккола Васильев гьаниве кинаб букӏаниги шапакъаталде яги цӏаралде хьулги лъун гурин вачӏун вугев. Гьединав чи гуро гьев. Батӏаго цо бугеб хӏакъикъат бицани, гьелда божичӏогого, гьелъул сан гьабичӏого вукӏинаро гьев. Хӏукуматалдаги гӏезегӏан ритӏухъал чагӏи хӏалтӏулел руго. Амма кинабго бажарулеб батиларо».\nГьебго тема халат бахъинабуна НКОязул координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаевасги:\n«Гӏадамазул ццим бахъунеб буго щибаб нухалда Татарстаналдаса, Москваялдаса чи хъулухъалде тӏамуни. Гьеб лъил гӏайиб? Аллагьас цӏунаги, цониги дагъистанияв хъулухъалда толев вугилан хабар баккани, сагӏат гӏола нилъер чагӏазе, гӏолел-гӏоларел рахъалги лъазарун, гьев чи рощногохӏилъ къазавизе. Гурхӏундай гьеб мехалда Васильевас къватӏиса чи теларев? Нилъго нилъеца кӏкӏунел руго. Цоцада нахъасан къватӏул харбал тӏиритӏизарулел хутӏун руго нилъ. Советияб ва гьелда цебесеб заманалда гӏадин тамихӏ гьабун яги саламцин кьечӏого толелани гьединал чагӏи, иш гьалде ккелароан. Гьедин гьабулеб бугони гурони, нилъер Дагъистан унго-унголъунги цолъуларо».\nХадуб Хадулаев вачӏана съезд ахӏиялъул хабаралдеги. Жив чанцӏулго гара-чӏваранила Мухӏамад Чагучиевгун ва Денга Халидовгун.\n«Гьезда гьоркьоб дандеккунгутӏи буго. Республикаялъул букӏинеселъе гӏоло гьабулеб ишалде хӏажалъи ккедал, хасал мурадал нахъе цузе бегьуларогойищ?\nЮсупбегидехунги дудехунги кинабгӏаги берчӏегӏерлъи гьечӏин жиндирин абулеб буго Чагучиевас. Гьебго жо Халидовасги абулеб буго. Амма цолъизе ракӏалда гьечӏо.\nДенга Халидовас экономистазде мугъчӏвай гьабизехъин буго. Амма гьедин иш релълъунаро. Нижгун цолъани, гьезие халкъалъулги цере тӏалъиялда рукӏарал чагӏазулги кумек щвезе буго», — ян бицана Шамил Хадулаевас.\nГьеб данделъиялда вукӏана цебе ДРялъул пенсиязул фондалъе нухмалъи гьабурав Амучи Амутиновги.\nЖив гьединал съездазул киназдаго гӏахьаллъанин ракӏалде щвезабуна гьес, ай Мухӏамадсалам Мухӏамадовасул, Рамазан Гӏабдулатӏиповасул заманалда гьарулал съездазда.\n«Гьабсагӏаталда нилъее чара гьечӏого хӏажатаб жо буго цолъи. Цо штабалда хӏадурунищ киналго ругелали – Денга, Чагучиев, Юсупбег, цогидал (Хадулаев – авт.) – киналго руго, цоцазе квешезе гӏадин, съездал гьаризе лъугьун. Щивас абизе буго жиндир съезд бугин бищунго хӏакъикъиябилан.\nТӏаде балагьун, релъизе бачӏунеб буго гьелда, рекъон гьечӏо гьеб. Дир хӏисабалда, гьел киналго цолъизе ккола. Яги нилъ ургъизе ккола гьел кин данде гьарилелин абураб суалалда тӏад», — ан кӏалъана Амутинов.\nДанделъиялъул ахиралда хӏукму гьабуна рагӏи билълъарал чагӏиги гъорлъе рачун, моцӏрол ахиралдехун форум гьабизе. Цинги гьелъ бицина кинаб цӏаралда гъоркь съезд ахӏилебалиги. «Чрезвычайный» абун цӏар лъеялъулги магӏна бихьуларин абуна Юсупбег Юсуповас."}
{"slug": "7668-nakalda-l-un-kangi-karanda-l-un-tsiulgi-bichiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7668-nakalda-l-un-kangi-karanda-l-un-tsiulgi-bichiana", "title": "«Накалда лъун канги каранда лъун цӏулги бичӏана»", "date": "2020-03-27 07:31:29", "categories": ["insan"], "text": "Терекалда канал бухъулел рукӏаразул цояй – Алмахъалдаса Мусалаева Гӏабидатил ракӏалдещвеяздаса\nДица 13 сон бараб мех букӏана гьеб. Цӏализе школалде уней йикӏарай дида дандчӏвана чода рекӏун вачӏунев Алмахъалъул сельисполкома-лъул председатель. Гьес дун школалде йиччачӏого нахъюссинаюна, канал бухъизе ине кколинги абун. Гьедин ккана дун Терекалда канал бухъулезул кьеразулъе.\nНиж регулел рукӏараб баракалда жаниб бакьулъ канал гӏадаб жо букӏана хала-халаса бухъун, жаниб квание цӏа бакизе гьабураб. Цо рахъалда бихьинал регулаан, цогидалда — руччаби.\nРадакь, жеги бецӏаб заманалда вачӏун цо чияс пещтӏеро пулаан, хӏалтӏизе рахъайилан, хал гьабулаан гъоркь чи хутӏун вугищали.\nСайдийилан вукӏана гьенив нижер гӏагарав чи. Цо къоялъ хун ватана гьев.\nКаналалъуса тӏаде носилкабаз баччулаан ракь. Нилъер тӏолабго халкъ букӏана гьениб. Кӏудияб, гӏебаб, гъваридаб канал кин бухъун лъугӏарабали лъаларо, цӏакъ гӏемераб ракь баччана гьениса…\nРокъоре рачӏун хадуб, Шамхалалдехун канал бухъизе ритӏаразулъги йикӏана дун. Гъоя унтун хвана Гӏабдулатӏипил яс Сагӏадат. Чорокаб лъим букӏана гьениб гьекъолеб. Моцӏгӏаги бан батила гьенибги. Исмагӏил абун нижехъа чиги хвана гьенив унтун.\nТерекалъул каналалда хӏалтӏулаго, руччабазул бетӏер, ретӏел хъахӏлъун букӏунаан нацӏица. Бихьиназцин тӏаса бахъун ретӏел кӏобокӏулаан, хъахӏаб гӏаздал кьер хисизабулаан гӏодобе гъенараб нацӏица, руччабазе гьедин кӏобокӏизе санагӏалъи кколароан. Нахъруссун рачӏунаго, цадахъ рукӏарал руччаби, гьанжесеб Ленин-аулалде щведал, гьенив вукӏарав гьоболасухъе руссана. Ниж цоцазда рихьичӏого, гьел цере ун ратана.\nБалагьидал, Шайихасул хоб бугеб бакӏалде щун, цояв вихьана. Гьесда хадуй гъезе гӏедегӏана дун… Гьев вугоан Алмахъалдаса Илияс. Дунги эхеде уней йигин, цадахъ вилълъа-йилан абуна гьесда. Гьес абуна жив гьанив гьоболасухъго чӏелилан.\nКин букӏаниги, Албурил отарал-де щвезегӏан гьев цадахъ вачӏана. Гьениб иццухъе щведал, жиндир как кватӏулеб бугилан, гьенив чӏана Илияс. Гьениса нахъе Юртагӏавухъалде гьевги ун, дунго цохӏо эхеде ягъа-рана, гӏазу бараб мехги букӏана, данде ккана цо чи. Гьев ватана Гӏадилхан. Гьев цин виххун ккана, дун дандчӏвайдал, жен батилин, хӏинкъун. Гьев данде ккедал цӏакъ йохана дун. Гьев дандчӏвачӏевани, мекъиги ун, Расулил свериялда ругел гьабзазде тӏаде кколей йикӏун йиго. Гьел рукӏана чода рекӏарав тӏаса вахъулел тайпаялъул квешал гьаби, гьезухъе щун йикӏарайани, чӏаго толароан.\nМун гӏадинал ясалги ругин ро-къор, жидехъе йилълъайилан абулеб букӏана гьес. Нацӏица цӏун, чиясде тӏаде унедухъ йикӏинчӏо дун.\nГӏемераб захӏмалъи, ракъи бихьана. Гьелда бан дир эбел Месе-йица абулаан: «Накалда лъун канги бичӏанила, каранда лъун цӏулги бичӏанила», — ян.\nКолхозалда 30 соналъ хӏалтӏана. Буго щуго медальги. Гьелдаго гьоркьоб буго рагъул заманалда Терекалда канал бухъизе индал щварабги.\nP. S. Гӏабидат канал бухъулей йикӏана 1941 соналъул хасалихъе мехалдаса 1942 соналъул январалде щвезегӏан. Амма гьелъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай гьабурал документал кирниги ратулел гьечӏо, медалал кьун ругониги. Гьединлъидал гьей тылалъул захӏматчӏужулъун чӏезаюн гьечӏо."}
{"slug": "7669-referendumalda-khadub-khal-kkolel-zhamgiiyab-palatayal-rishchize-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7669-referendumalda-khadub-khal-kkolel-zhamgiiyab-palatayal-rishchize-rugo", "title": "Референдумалда хадуб хал кколел Жамгӏияб палатаялъ рищизе руго", "date": "2020-03-27 07:32:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "26 марталда ДРялъул Жамгӏияб палатаялъ жамгӏиял гӏуцӏабазулгун къотӏи гьабуна РФялъул Конституция хисизабиялда бан тӏобитӏизесеб референдумалда хадуб халкколел чагӏи цадахъ рекъон рищизе.\nПалатаялъул нухмалъулев Гӏабдулхӏалим Мачаевас абуна хадув жив гьебго суалалъ политикиял партиязул вакилзабигунги дандчӏвазе вугилан.\nГьеб референдум 22 апрелалда тӏобитӏизе кколаан. Амма коронавирусалъе гӏоло карантин лъазабиялда бан, гьеб тадбир нахъбахъун буго. Жеги къоги чӏезабун гьечӏо. Гьечӏониги, нилъер республикаялда референдумалде хӏадурлъи гьоркьоб къотӏизе толеб гьечӏо.\nЖамгӏияб палатаялъул гьеб данделъиялда видеобухьеналдалъун гӏахьаллъана инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ Москваялъул бюроялъул нухмалъулев Александр Бродги.\nГьес бицана церетӏурал улкабазул Конституциялги гӏезегӏан хисизарунилан. Масала, СШАялъул конституция хисизабунила 27, Франциялъул – 18, Германиялъул – 218, Италиялъул – 14 нухалъ.\nГьел хиса-басиял гьариялъе гӏиллалъунги тӏадеялдаса тӏаде улкаялда гӏумру хисулеб букӏин кколин бицана данделъиялда.\nБродил ракӏчӏун буго Конституциялде тӏадежураял гьариялдалъун нилъее киназего, пайда гурони, зарал ккунгутӏиялда. Къватӏисел пачалихъаздаги церетӏеялде рачанила гьез.\nГьезул цо-цо улкабазда Конституция хисиялъул хӏужаби дагь рукӏиналъе гӏиллаби баян гьаруна ДГУялъул кафедраялъул доцент Татьяна Беджановалъ. Гьел къабул гьарулеб къагӏида кутакалда захӏматаб бугин абуна гьелъ. Масала, СШАялда гьел хиса-басиязул рахъкквезе кколила 50 штатазда гьоркьоса 38 штаталъ. Гурони, нахъчӏвалел руго. Австралиялдаги гьеб рахъалъ кинабниги 46 референдум тӏобитӏун буго. Гӏицӏго анлъго референдумалда гурони халкъалъ разилъи кьун гьечӏо.\nГьеб данделъиялда жамгӏиял хӏаракатчагӏаз щаклъи загьир гьабулеб букӏана, нилъер гьаниб референдум тӏобитӏани, гьелъул хӏасилал хӏакъикъиял рукӏинадайилан. Республикаялъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаевас рехсана рищиязда нилъер гьаниб букӏунеб хӏилла. Гьединго гьереси гьариладай гьал цоял хӏасилалгийин абуна гьес.\nЦоги жамгӏияв хӏаракатчиясги тӏаде жубана хӏилла гьаби гуребги, цӏакъго дагьал чагӏиги рачӏунила рищиязде. Киндила кӏвезе бугеб нужеда гьенире гӏадамал ракӏаризе. Гьеб суал кьуна гьес ДРялъул рищиязул комиссиялъул нухмалъулев Мухӏамад Дибировасе. Гьесги Мачаевасги жаваб кьуна гьаркьал рикъулилан гаргалел рокъор чӏечӏого, гьеб къоялъ рачӏун участокалдегун, щивас жидедаго тӏадаб налъи тӏубазабуни, иш лъикӏаб рахънибе кколилан.\nТалихӏ кьегийин, гьел рищиязул территориалиял участкабазда учительзаби тогейин, руцӏцӏухӏунги чӏун, гьаз-доз кьурал буюрухъал тӏуразарулел рукӏунин гьелилан тӏаде жубана имам Шамилил цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас.\nГьесда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан референдум жеги бащдаб лъагӏалица нахъ бахъизеги. Гьелъие кӏиго гӏиллаги рехсана гьес – рагӏа-ракьанде щун жеги гьел хиса-басиял гьоркьор лъун гьечӏолъи, гьединго коронавирус гӏодоцинегӏан чӏезе ккей.\nТӏадежоялъе, жеги референдумго тӏобитӏилалде ричулел ругин РФялъул Конституциялъулъ гьарурал хиса-басиялин тӏадги хъварал тӏахьал, гьелъ гӏадамазул ракӏги белъизабулин кӏалъана Хархачаев.\nАмма гьединал тӏахьалги харбалги бокьарав чияс риччазе бегьулин жаваб кьуна Гӏабдулхӏалим Мачаевас.\nЖивго Мачаевасе асар гьабулеб бугоан Конституциялъул 68-абилеб статьяялъ. Гьелъ регионазе рес кьолеб буго пачалихъияб мацӏлъун жиде-жидерго бакӏалъул мацӏги рикӏкӏине (кинабгӏаги документациялъулъ гьеб хӏалтӏизабизе).\nАмма чанго батӏияб мацӏалда кӏалъалел гӏадамал ругеб нилъер республикаялъул хӏисаб гьабуни, кинаб халкъалъул мацӏдай гьаниб тӏаса бищила? Бищизего бажариладай?"}
{"slug": "7670-isanagi-bergenl-i-magiarulal-bosana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7670-isanagi-bergenl-i-magiarulal-bosana", "title": "Исанаги бергьенлъи магӏарулалъ босана", "date": "2020-03-27 07:40:03", "categories": ["obrazovanie"], "text": "18-20 марталда Махӏачхъалаялда, №28 гимназиялда тӏобитӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб конкурс. Гьенив гӏахьаллъана республикаялъул шагьаразул ва школазул рахьдал мацӏазул 35 учитель. Гьезда гьоркьоса – авар мацӏалъул анкьго учительги. Конкурс халатбахъана лъабго къоялъ. Тӏоцебесеб ва кӏиабилеб къояз кьуна учительзабаз дарсал. Дие рес ккана анкьайго учителалъул дарсиде ине. Гьел киналгоги мустахӏикъал руго рецц-бакъалъе.\nТӏоцебе дарс 9 классалда кьуна Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Саида Хӏусеновалъ. Гье-лъул дарсил байбихьиялъго пана гьаруна жюриялъул членал, Дагъистаналъул Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Хӏайбула Вакилов, республикаялъул авар мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидинова, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул авар мацӏалъул учитель Патӏимат Зургьалова ва Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул авар мацӏалъул учитель Сарат Мухӏумаева.\nСаидаца цӏалдохъаби рачана Сингапуралде «гьоболлъухъ». Гьелъ дарс кьуна, гьеб пачали-хъалъул лъай кьеялъул къагӏидаги хӏалтӏизабун. Дарсил темаги букӏана Хизгил Авшалумовасул «Дир мадугьал – дир тушман» абураб. Тӏоцере рихьулел ругел цӏалдохъабазул ракӏазулъе «биун тӏуна» учителалъ тема.\nСаида Хӏусеновалъул кӏалдисан рагӏана дида тӏоцебе «Мадугьал лъикӏасул ражи-хоногицин росасе арабила, мадугьал квешасул лъикӏай ясгицин рокъой хутӏарайила» абураб кициги. Гьелъул дарсалъ лъимал куцалел рукӏана мадугьалзабазул къимат гьабизе. Амма бищунго цӏакъ киназего кӏудияб асар гьабуна Саидал хӏеренаб каламалъги гьурмада бессараб гьединабго гьуинаб гьимиялъги.\nКӏиабилеб дарс кьуна Хасавюрт райналъул Къарланюрталдаса Зарема Мухӏамадовалъ.\nГьелъ цӏалдохъабазе бицана Гӏарип Расуловасул «Хазина» абураб хабаралъул хӏакъалъулъ. Дарсил ахиралда лъималазда бичӏчӏана инсанасул гӏумруялъулъ унго-унгояб хазиналъун щиб жо кколебали.\nКӏиабилеб къоялъ тӏоцебесеб дарс кьуна Махӏачхъала шагьаралъул кадетазул корпусалъул учитель Лайла Нурхӏажиевалъ. Гьелъул дарсил тема букӏана «Рикӏкӏен». Дарс кьуна анцӏабилеб классалда.\nЛъималазе гьелъ бицана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъалъулъги. Гьелъ рес кьолеб букӏана лъималазе рикӏкӏенал хӏалтӏизаризе. Бицана Лайлаца жиндирго проекталъул хӏакъалъулъги. Гьелъ цӏалдохъабазе рикьана фронталдаса рачӏунел рукӏарал лъаббокӏонал конвертал. Щибалда жанир рукӏана Совет Союзалъул бахӏарзал-дагъистаниязул суратал. Цӏалдохъабаз рокъоб хъвазе кколаан гьел бахӏарзазул хӏакъалъулъ хӏалтӏи.\nКӏиабилеб дарс кьуна Гъизилюрт районалъул Цӏияб Чӏикӏаб росдал школалъул учитель Мадина Хайрулаевалъ. Поэт-фронтовик Гӏабдулмажид Хачаловасул «Лъукъараб кечӏгун» цадахъ гьелъ цӏидасанги дарсил гӏахьалчагӏи рачана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гъугъаялъухъ гӏенеккизе. Шагӏирасул кечӏги гӏодана, гӏенеккаразул магӏуги бецӏцӏана. Гьединго Мадинаца бицана рагъдаса руссинчӏел росуцоязул хӏакъалъулъ ва лъималаздаги гьарана жидерго росуцоязул хӏакъалъулъ лъазабейилан.\nЛъабабилеб дарс кьуна Шамил районалъул Хӏебда росдал школалъул учитель Патӏина Гӏалиевалъ. «Такрарлъи гьечӏев шагӏир» абураб темаялда кьураб дарс гьелъ сайгъат гьабуна Хӏамзатил Расулие.\nУнкъабилеб дарс кьуна Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалъул школалъул учитель Патӏимат Гӏабдулхӏамидовалъ.\nГьелъул дарсил темаги букӏана «Рикӏкӏен». Гьеб темаялда анцӏабилеб классалда дарс кьуна лъабго учителас. Щиялъул букӏана жиндирго къагӏида, жиндирго хаслъи.\nПатӏиматицаги хӏайран гьаруна цӏалдохъаби. Гьелгун гьей гаргадана, кидаго гьезие дарс кьолей йикӏарай гӏадин. Учителалъ гӏемерго хӏалтӏизаруна рикӏкӏенал гъорлъ ругел авар кицаби ва бицанкӏаби, цӏалдохъабиги тӏамуна творческиял хӏалтӏаби гьаризеги.\nЩуабилеб дарс кьуна Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра Ахӏмадовалъ. Гьелъул темаги букӏана «Рикӏкӏен».\nГӏажаибал хӏаял хӏазеги тӏамуна гьелъ цӏалдохъаби, масала, «Зенеро».\nНусго гъурущалдаса нусго гьудул лъикӏ — абураб кициялда сверухъ кьураб дарсалъ хӏикмалъизаруна гьелъул киналго гӏахьалчагӏи. Маргьабазул багьадур Чӏилбикӏги вачӏун вукӏана «гьоболлъухъ». Рукъги гьечӏого хутӏарав гьесие рукъ базе кумек гьабуна цӏалдохъабаз. Гьелъул магӏна тӏадехун рехсараб кициялъулъ букӏана.\nГьединго дарсида лъималаз ричӏана хӏикмалъабазул сандукӏги…\nЦинги гьаруна щибаб номинациялда кьурал дарсазул хӏасилал.\n«Авар мацӏалъул учитель» номинациялда тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Загьра Ахӏмадова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Саида Хӏусеновалъе ва лъабабилеб бакӏалде рачӏана Мадина Хайрулаева ва Лайла Нурхӏажиева.\nМацӏазул номинациязда тӏоцересел бакӏал щварал учительзабаз лъабабилеб къоялъ кьуна классалъул сагӏтал. Финалалде ворчӏана щуго учитель. Кьураб темаялда рекъон, гьез бицине кколаан лъай кьеялъул проекталъул хӏакъалъулъ.\nГьаруна хӏасилал. Ва исанаги бергьенлъи магӏарулалъ босана. Гьей ккола Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра Ахӏмадова.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги баркула Загьрада кӏудияб бергьенлъи. Гьей гӏахьаллъизе йиго исана ноябралда Москваялда тӏобитӏизе бугеб конкурсалдаги."}
{"slug": "7672-ebel-tiade-shcholel-k-oyal-rikikiine-kalendar-gabun-bukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7672-ebel-tiade-shcholel-k-oyal-rikikiine-kalendar-gabun-bukiana", "title": "Эбел тӏаде щолел къоял рикӏкӏине календарь гьабун букӏана", "date": "2020-03-27 07:49:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъизилюрт районалда гӏумру гьабулей Патӏиматил ясалъул ясал Багъдадалъул туснахъалдаса Дагъистаналде тӏадруссаралдаса лъагӏел сверана. Кӏудияй ясалъул буго 13 сон, гьитӏиналъул – 7 сон.\nЯсазул эбел гьебго туснахъалда, Гӏиракъалда йиго. Гьезул хъизан (росги, лъабго ясги, цо васги) Сириялде ун руго 2014 соналда. Цадахъго ун буго гьитӏинай яцалъул хъизанги (лъабавго васги росги). Гьей гьабсагӏаталда Сириялда, Ал-Хол абулеб лагералда йиго. Кӏиязулго росалги чӏаго гьечӏо.\nГьезул къисмат кин ккарабали бицунеб буго Патӏиматилгун букӏараб нижер гара-чӏвариялда.\n— Патӏимат, Сириялде арал цо-цоязул гӏагарлъиялъ бицуна мугжул халатал яги ретӏа-къай салафиязул гӏадаб бугинги абун, жидер лъимал закон цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз рахӏаталда толарилан. Мадугьалихъцин закон хвезабураб цониги хӏужа ккани, хъата-масан гьезухъе рачӏунаанин. Гьеб чӏалгӏунги анила гьел доре…\n— Валлагь, нижер лъималазул гьединаб жо букӏинчӏо. Дида лъала гьел дуца рехсарал гӏадал хӏужабиги. Амма нижехъе полициялъул хӏалтӏухъаби рачӏунго рукӏинчӏо. Мадугьалихъ КТО тӏобитӏулеб мехалдаги, нижехъе щивго ваккичӏо. Гьеле гьединлъидалин гьикъараб дица лъималаздаги лъица толарого, лъикьа тӏурулел нуж ругелилан, гӏилланиги щибилан.\nНижер кӏудияй яс кутакалда лъикӏай йикӏана школалда цӏализе. Гьелъул учительницаялъ гьанжеги абула, дуца хадуйккунги цӏализе йиччан йикӏарайани, Сириялде инчӏого чӏезецин бегьулаанин гьей. Амма дида лъалей гӏаданалъул цохӏо йигей ясги анаха дое. Щуйилазда университетги лъугӏун буго гьелъул. Дубаялде ине йигилан эбелалъе гьересиги бицун буго.\nРосабаз рачун анаха нижер ясал доре.\nРукъалде индал, дица ясазда лъазабун букӏана гъоркье кӏанцӏеян абуниги, росас абураб гьабизе кколин. Гьединлъидал, эбел-эменги жалго тун, нуж гӏорхъи бахун къватӏире щай унелин дун гаргазе лъугьиндал, ясаз дида доб дир малъа-хъвай ракӏалде щвезабуна.\nЧӏикӏаса Кӏудиясухъеги хьвадулел, тӏарикъаталъул нухдасанги унел лъимал рукӏана дир. Хасго мунагьал чураяв дир вас вукӏана кутакалда тӏарикъат ккурав чи. Чанго соналдасан цояв дурц лъугьана диналда тӏасан къацандизе, ричӏчӏуларел суалал кьезе. Гьеб мехалда дагӏба-рагӏиги кколаан дир васасдаги гьесдаги гьоркьоб. Сордо бащалъизегӏанги, лъугӏулароан гьезул хабар. Мунагьал чураяв Къурамухӏамад-хӏажи Рамазановасухъецин ун рукӏана гьел, щаклъи ккараб жо цӏехезе.\nГьел данделъун гӏемер заман иналде, нижеца яс нахъецин ячун йикӏана. Дурцас гӏемерал гьукъа-къаял гьаризе лъугьун рукӏун ругоха гьелъие. Цо вас гурони вукӏинчӏо гьеб мехалда гьезул. Цинги цӏаларав чияс абуна юха-кьабулейги гьечӏелъул, яс росасухъе йитӏейила, гурони гьезул васасул бесдалав гьавизехъин вугила нужеца.\nГьедин ана гьел Сириялде…\nДир кӏудияй яс гьабсагӏаталда Багъдадалъул туснахъалда йиго. Гьелъул кӏияйго ясги гьениса рачун рачӏана. Гьезул лъабабилей яс лезгиясда росасда йикӏана. Гьел кӏиялго кир ругелали лъаларо.\n15 сон барав гьезул вас, Абу-Кемалалда мадраса цӏунун вукӏарав чи, бомбаги щун, чӏвана. Гьитӏинай ясалъул васги Багузаялда тӏагӏана. Чӏаго вугищ гьев, гьечӏищали лъаларо. Гьей жийго Ал-Холалда лагералде ккаралдаса кӏиго лъагӏел сверана. Гьенив хутӏарав гьелъул кӏиявго васги Дагъистаналде тӏадвуссине рес буго. Патӏимат дагьалъ цее ДНКялъе бидул анализ кьезе ахӏун йикӏана Махӏачхъалаялде.\n— Гьел ясал гьанире кинаб хӏалалда рачӏарал?\n— Валлагь, гьел кутакалда загӏипго яги рихха-хочун ратилин хӏинкъун йикӏана дун. Амма, машаАллагь, гӏезегӏан лъикӏ, сабурго ругоан. Цониги нухалда гриппалъги унтичӏо. Къойилго Къуръанги цӏалула гьез. Гӏурусалъги нижерго, цӏунтӏадерил, мацӏалдаги кӏалъала гьел. Гӏурус мацӏ щайин нужее, нилъерабго бицейин махсара гьабула дица. Цӏунтӏадерил мацӏ кибниги къваригӏунеб батичӏилан жаваб кьола гьез. Амма кин букӏаниги, рагъ бугелъуса рачӏарал ясал ругелъул, дагьа-макъаб гӏамал хисичӏогоги хутӏилищха гьезул. Хехго ракӏ къварилъун лъугьуна.\n— Психологал рачӏунищ гьезухъе?\n— Рачӏуна. Батӏи-батӏиял жалазул суратал рахъизе тӏамула гьез ясал, гьезулгун гара-чӏвари гьабула. Сахлъиялъул халгьабизе «Солнечный берег» лагералде, тохтурзабазухъеги ритӏун рукӏана.\nГьединго социалияб хъулухъалъ гӏарацги кьун, рииялъ учительницаги хьвадана нижехъе, кӏудияй ясалда дарсал малъизе. Къуръан цӏализе гурони, батӏияб жо лъалеб букӏинчӏелъулха гьелда. Гьединлъидал гьей жиндасаго гьитӏинал лъималазул классалде ячана цӏализе.\nГьанже подклассалде хьвадулей гьитӏинай ясги йиго.\n— Гӏарабалъ жидерго букӏараб гӏумруги ракӏалде щолеб батиларищха гьезда…\n— Кваналелщинахъе эбелги ракӏалде щун, байбихьуда цӏакъго къварилъахъдулаан гьел – жал гьанир тӏагӏамаб кванда нахъа ругила, жидер баба абуни доя туснахъалда йигила якъуца холей. Жал берцинаб бусада регун ругила, жидер эбел абуни чӏарбида йигила.\nЖиндиего кьураб квен гьелъ гьал ясазе кьолеб букӏун буго, якъун жийгоги чӏун.\nЩибаб камераялъур лъабго чӏужугӏаданги гьезул лъималги рукӏунел руго дора. Нижер лъимал гьенир лъабгониги соналъ рукӏана.\nТӏоцебесеб анлъго моцӏалъ календарь гьабун букӏана гьез, эбел тӏаде щвезе хутӏарал къоял рикӏкӏине. Цо заманалда хабар букӏана цо-кӏиго моцӏидасан риччалел рагӏулин туснахъаздаса руччабигиян. Ахир-къадги ясазда бичӏчӏана гьеб гӏададисеб иш букӏин. Кватӏичӏого эбел ячӏунилан, кӏодоэбелалъ жал махсараде кколел рукӏинги лъан, календарал гьари рехун тана ясаз. Аллагьас хъвараб жо ккелинги абун, гьанже гьез дунгицин гӏодое йиччазаюла.\n— Сириялдагун Гӏиракъалда жанир тӏамурал нилъер руччабиги лъималги тӏадруссинаричӏониги бегьулин, гьел террористал ругилан рикӏкӏуна цо-цо чагӏаз. Дуца щиб абилеб?\n— Дир кӏияйго яс доя йигелъул, кӏваричӏин, риччаге гьел рокъореян дица абилищха? Дир квер къотӏун бугони, дидаго гурони гьеб унтуларелъул.\n— Доба бугеб гӏумрудул щиб гьез бицунеб букӏараб?\n— Байбихьуда кутакалда бечедаб, гӏодобе биччараб гӏумру букӏун буго — жанир бассейналги ругел, кӏалгӏаби гӏадал минабиги, жиде-жидерго магӏишаталги… Дагь-дагьккун рагъги тӏаде щун, цереса-цере лъутизе ккун руго. Цо заманалда тӏуранго ракъуца холел рукӏанинги бицана гьез. Редискаялъул маж кванаялдецин ккун рукӏанила.\n— Сириялдасагун Гӏиракъалдаса нахъе рачине рес бугониги, цо-цо улбуз лъимал, кирениги риччачӏого, жидедаго аскӏор толел ругиланги бицунеб рагӏана.\n— Дидаги рагӏана гьеб. Амма тӏалаб гьабизе чи гьечӏого яги гӏагарлъиялъе къабуллъичӏого, дора хутӏарал лъимал ругин бицанаха гьезул хӏакъалъулъ.\nГьитӏинай ясалъул васал тӏадруссинаризе документазул ишалъ Махӏачхъалаялде индал, гьениб цоялъ бицунеб бугоан Ал-Хол лагералда йигей чӏужугӏаданалъ инкар гьабунила лъимал гьанире риччазе, жий гьезухъ чӏалгӏун йикӏине йигинги абун. Хадуб лъималгун цадахъ жийгоги нахъе йиччалин хьул батизеги бегьулаха гьелъул. Лъаларо…"}
{"slug": "7671-sarinazul-akhiaraj-giabasilasul-savdat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7671-sarinazul-akhiaraj-giabasilasul-savdat", "title": "Сариназулъ ахӏарай Гӏабасиласул Савдат", "date": "2020-03-27 07:56:49", "categories": ["insan"], "text": "Бегулеб буго «Гьудуллъи» журналалъул иргадулаб номер. Гьелъул жилдазул кӏиабилеб гьумералда Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Махӏамадие скульптор Гӏали Мухӏамадовас гьабулеб бюсталъул сурат бихьидал, дир пикрабаз сапар цӏидасанги Лъагӏилухъе бухьана. Цӏидасанги цеве вачӏунев вуго шагӏир ва цӏидасанги рагӏулел руго гьесул, тӏабигӏат цӏилъулелъул, жиндир Савдатихъе раккичӏого рукӏунгейилан абулел рукӏарал рагӏаби…\nВа цӏидасанги дица, дирго ругьелги босун, салам битӏулеб буго гьей хӏикматай чӏужугӏаданалъухъе.\nЙорчӏами, Савдат! Гьалеха жакъа-ги бокьун буго дургун гара-чӏвари гьабизе. Щайдай Гӏабасиласе их хирияб букӏараб? Щайгурелъул гьелдасан шагӏирасда чӏвалеб букӏун батила жиндирго къисматалда бищунго гвангъарал лъалкӏал толей йигей чӏужугӏаданалъул тӏагӏам. Маялъ ракьалде ячӏарай дуца цадахъ босун бачӏун букӏун буго шагӏирасул гӏумру лъалъазе рокьиги, рокьул цӏураб гъасда гьелегьараб цӏа бакизе гӏураб хинлъиги, ритӏухълъиги, мугӏрул чӏужугӏаданалда рекъараб мутӏигӏлъиги.\nХӏурматияй Савдат-эбел. Дурго лъимал гьечӏониги, лъималлъун рихьана дуда ниж, шагӏирасул гьудулзаби. Магӏарулазул аби буго «Чӏужу лъикӏав лъикӏ вуго, чӏужу квешав квеш вуго», — йилан абураб. Дуца наслабазеги магӏарул адабияталъе-ги тӏадегӏан гьаруна Гӏабасиласул цӏарги къадруги.\nДудаса рикӏкӏад йикӏиналъ, рес кколеб гьечӏо бокьанщинахъе, ракӏщванщинахъе духъе ячӏине. Ахирисеб нухалда духъе щвана гъоркьиса.\n— Вай, бабал тӏанчӏийиланги абун, мун данде ячӏиндал, гьеб лахӏзаталъ чӏаголъи бачӏана рекӏелъе. Амма берзул хӏоринисан тӏинкӏунго тӏинкӏун рачӏунел цӏакъго цӏамхӏалал ва рухӏарал магӏил гараз бицунеб букӏана дур рекӏел тӏинда Гӏабасиласул цӏар хъвараб тах чӏобого бугеблъи. Гьалеха живго шагӏирги – жиндирго Савдат чиякъ теларилан, гьелда аскӏов цохӏо азбаралъувго вугев.\nГьале гьаб нухалдаги чӏвалеб буго дида, Савдат, дур квераз бежараб чадил гьуинаб махӏ. Дир хирияй Савдат-эбел, бокьун буго цоги нухалда хӏухьбахъизе Гӏабасилавгун цадахъ дуца бараб гӏаданлъиялъул сивуниб ва сас тун гӏенеккун чӏезе гӏолилал ясазе дуца кьурал ва кьолел ругел гӏумруялъул дарсазухъ.\nХъизан цӏунизе кӏвей, гьелъул\nгъанситоялда чӏаголъиялъул лъал-кӏал тей, росасул цӏар цӏвабзазда аскӏоб лъезе бажари – гьеле даимлъиялде ине ругел дур дарсал. Жакъа къоялъги гьезие ритӏухъайлъун хутӏун йиго мун. Дурго Гӏабасиласе хирияллъун рукӏарал гӏадамал гьанжеги хириял руго дуе. Шагӏирас гьаниб тараб рокьул цӏадухъги кӏусун, магӏуги тӏолеб батила дуца, пашманлъиги рещтӏунеб батила духъе, амма дур къисматалъул цӏва къобахъанагӏан гвангъулеб буго.\nИсана дуца балеб буго 85 сон. Гьеб 85-ябго хӏокӏалъулги буго щибалъул жиндирго къисматги къисаги. Биччанте Тӏадегӏанасул квербакъиялдалъун гӏумруялда баракат лъезе ва гьелдаго цадахъ дур намусалъул байрахъги бищунго борхатаб сия-лъул тӏогьиб парпадизе.\nГьале нахъеги шагӏирасул хабада гьесул Савдатгун цадахъ.\nВа нахъеги рагӏулеб буго жиндир Савдат чиякъ тогейилан щурулеб шагӏирасул гьаракь…"}
{"slug": "7673-galbaderie-ragarab-kavu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7673-galbaderie-ragarab-kavu", "title": "Гьалбадерие рагьараб каву", "date": "2020-03-27 08:01:20", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бисал, туристал, цӏиял маршрутал ва шартӏал\n24 марталда «Дагъистан» РИАялда пресс-конференция кьуна туризмалъулгун халкъияб махщелчилъиялъул рахъалъ министр Расул Ибрагьимовас. «Открытая власть» абун щибаб министерствоялъ журналистазулгун тӏоритӏулел дандчӏваязул цояб ккола гьеб.\nРасул Ибрагьимовас бицана жидер идараялъ гъоркьиса гьабураб хӏалтӏулги исана гьабизе хӏисабалде босаралъулги хӏакъалъулъ.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гӏемерал туристал рачӏунел руго гьанже республикаялде, гьел цӏикӏкӏине рес буго коронавирусалъ къватӏисел улкабазде сапарал гьаризе рес щвечӏел туристаздалъунги.\nБитӏараб, битӏарабилан, гьес абуралда разилъун бетӏер гьанкӏезабулев данделъи бачунев Мухӏамад Мухӏамадовги вукӏана. Гьелдаго цадахъ министрас тӏаде жубана гьездалъун нилъер гьаниб гьеб унти тӏибитӏиялдасаги цӏуна-къаялъул тадбирал хӏисабалде росун ругин жидер идараялъилан. Киналниги санаторияздагун гьалбадерил рукъзабазда лъазабун бугин, мухӏканаб хал-шал гьабун гурони, цо инсанги къватӏиса вачӏарав гьобол къабул гьавугеян.\nГьесго тӏад цузабун гьикъана Москваялда ва цогидал бакӏазда Туризмалъул министерствоги гӏахьаллъун тӏоритӏарал выставкабазулги. Гьел выставкабазда рагӏа-ракьанде щун рес кканин къватӏиса гьалбадерие нилъер ракьалъул берцинлъиги бечелъиги рагьун бицинеян абуна министрас.\nМугӏрул бисазде гьабулеб «туризм»\nГьесул рагӏабазда рекъон, хасго гьабсагӏаталда гӏемерисел туристазул гъира-шавкъ бижулеб буго чанахъанлъиялъул туризмалде:\n«Нилъер гьанир гьелъие гӏемерал ресал руго. Масала, росилин лъебелазул, цӏунтӏадерил мугӏрузда рукӏунел мугӏрузул бисал. Цогидал регионазда гьезде чан гьабизе ихтияр кьолеб лицензия щвезе захӏматго буго. Гьел халкъазда гьоркьосеб «Багӏараб Тӏехьалде» росарал гӏалхул хӏайванал кколелъул».\n«Багӏараб Тӏехьалдеги» росарал мугӏрузул бисазде чан гьабизе туристал нилъехъего къабул гьари кинха бичӏчӏизе кколеб? Туризмалъул министр хӏисабалда, дуцаго кинаб къимат гьелъие кьолеб? Мугӏрулги тӏабигӏатги берцин гьабун, эркенго тира-сверулел течӏого, гӏумруялдаса махӏрум щай гьел пакъирал гьарулел?» — гьеб суал кьуна «Хӏакъикъаталъул» мухбирас Расул Ибрагьимовасе.\nГьес гьелъие гьадинаб жавабги кьуна:\n«Бичӏчӏизе ккола чан гьабизе гьукъарабги, гьелъие изну кьолебги заман букӏунеблъи. Бисазде чан гьабизе изну кьолеб лицензия щвезе нилъер гьаниб квалквал гьечӏо, республикаялда гьезул къадар гӏемераб букӏиналъ. Гьеб бакӏ битӏун бичӏчӏизе ккола».\nЧанахъанлъиялъул цӏар бахъарабго, гьеб чара гьечӏого гӏалхул хӏайванал чӏвазе гӏоло гьабулеб туризм гӏадин бичӏчӏизе кколарилан баян гьабуна «Дагъистан» РИАялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасги:\n«Чундузул, бисазул суратал рахъизе бокьарал туристалги гӏемер рукӏуна. Тункӏица гурел, фотокамераялъ гӏужие росиго лъикӏ гурищха гьезиеги».\nЦӏиял сапарал ва магӏаруласе туристасул бугеб сабаб\nЦебехун бицен гьабураб, Москваялда тӏобитӏараб выставкаялда гьеб министерствоялъ хӏадур гьабун букӏана «Легенды Дагестана» абураб цӏияб проектги.\nГьеб ккола туризмалъул бренд.\n«Гьеб маршруталда гъорлъе ине буго республикаялъул 16 муниципалияб гӏуцӏиги лъабго шагьарги. Гьенир гьоркьорго нусгоялдасаги цӏикӏкӏун тарихиял бакӏал, заповедникал ва гьеб гуребги гӏемераб жо буго туристазда бихьизе. Мугӏрузул мухъазда къачӏалел руго туристазул рукъзал. Бокьарав сапарчиясе хӏухьбахъиялъе ва квана-гьекъеялъе санагӏатал шартӏал ругел рукъзал ккола гьел. Гьелъул кӏудияб пайда буго жалго бакӏазда гӏумру гьабун ругел гӏадамазе. Гьеб ккола бизнес, магӏарухъги вукӏун, тӏаде гъурущ гьечӏев чиясе рес буго гьединал туристазул рукъзалги хӏалтӏизарун, жидеего гӏарац гьабизе», — ян бицана министрас.\nТуристал рачӏунеб бищунго машгьурал бакӏазда гъорлъ Расул Ибрагьимовас рехсана Дербенталъул Нарын-хъалаги, Сулахъалъул къварилъиги, Сарыкумалъул салул мегӏерги, Гъуниб магӏарда имам Шамил гӏодов чӏараб гамачӏги, хъалаги, гьединго хунздерил Тоботги. Гьеб сияхӏалде жинцаго тӏаде жубачӏого телароанин Шамил районалда ругел некӏсиял сиялгиян бицана министрас.\n— Гьел киназдаго лъалел бакӏал гурони, тӏокӏал гьечӏелищ республикаялда тӏоцеве вачӏунев туристасда рихьизе гӏадал берцинал бакӏал?\n— Гӏемерал руго нилъер республикаялда гьел, щай рукӏунарел, — ин жаваб кьуна министрас «Хӏакъикъаталъул» суалалъе. — Гьединаб 40-ниги бакӏ рехсараб сияхӏ буго нижер сайталда лъун. Гьеб гуребги, нижеца хӏадур гьабун буго «Даг Туризм» абураб мобильнияб приложениеги. Гьенивеги ваккун, бокьарав чияс тӏаса бищизе бегьула жиндаго берцин бихьараб росу яги мухъ. Районазул нумалъулезулгун дандги бан, гьез ритӏун рачӏарал туристаз сапар бухьине бегьулел бакӏал нижеца сайталде рехула».\nХӏасил-калам, республикаялде рачӏунел туристазул къадарги гьезие хӏадур гьарурал сапаразул сияхӏги соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб, бечелъулеб бугилан абуна Расул Ибрагьимовас: «Анцӏго соналъ цебеги нилъер гьаниб парахатаб ахӏвал-хӏал букӏинчӏолъиялда бан хӏинкъулел рукӏун ратани туристал нилъехъе рачӏине, гьанже гьеб сурат кьучӏдасанго хисанин абизе бегьула».\nГьебни гьедин батила, амма къватӏиса рачӏунел гьалбадеридасаги гьабсагӏаталда нилъее рокъоб парахалъи буго бищунго къваригӏун. Гьединлъидал туристалги, тира-сверизе хӏалакинчӏого, жидерго гъасде руссаян абе. Дида гурхӏарасда тӏад вугевги гурхӏагиян дугӏаги гьабун."}
{"slug": "7674-betsideril-mag-il-an-unej-jigo-dun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7674-betsideril-mag-il-an-unej-jigo-dun", "title": "Бецӏдерил магъилъан уней йиго дун…", "date": "2020-03-27 08:13:57", "categories": ["insan"], "text": "Рарал соназул тарих гургинлъулеб къо буго гьаб анкьалда Тубхӏатил. Чан сон гьелъ барабали бицинаро, щайгурелъул дунгоцин божуларого йиго кӏарчамай, чӏурканай, чӏороло гӏадай Тубхӏат гьел соназул борхалъиялде яхун ятилин. Амма хӏакъаб жо — жиндирго гьунаралъул тӏокӏлъи, хаслъи гьелъ, лъагӏалил щибаб хӏокӏ нахъе толаго, миллатцоязе рагьараблъи. Цогидазда релълъинчӏей, гьазухъего, дозухъего хъвадаризе лъугьинчӏей, жиндир хатӏ билизе течӏей — гьединайлъун лъала дида Тубхӏат Зургьалова.\nГорда лъураб тӏогьоде\nТӏинкӏун ана дир магӏу,-\nГӏолохъанлъиялдаго\nГӏодана дилъ дир рокьи.\nСонги дун елъанхъана\nДунгӏан талихӏай гьечӏин,\nНолъги макьу букӏана\nЙорчӏизе бокьулареб… — гьал рагӏабаз рагьана дие тӏоцебе Тубхӏатил цӏар. Гьелъул ва дир гьалмагъ, цӏакъ хехго нижедаса ятӏалъарай Тӏидиса Варашилазул Хадижатица ахӏулаан гьеб кечӏ. Гьелъие хасаб бакъанги хъван букӏана Хадижатил росулъа гӏолохъанчи Ахбердило Ахбердиловас.\nРагӏун гурони, рихьун шагӏирзаби лъай — гьеб къанагӏатаб иш букӏана доб заманалда. Рагӏи дандбан мухъ хъвалевщинав чи шагӏир вугин цевеги вахъунароан, шигӏраби рагӏун машгьурлъаразул кӏудияб къиматги букӏунаан. Гьединлъидал къиматалда къабул гьаюлаан гьидерицаги бецӏдерил яс.\nХадур ниж щвана чӏегӏербарай Тубхӏатихъе. Гьелъ цӏаларал кучӏдуз гӏодизаюна эбелалъул ками хехго лъан рекӏел тӏегь бечӏарай дунги. Дицаго хъваралдайин ккана доб мехалъ гьелъ цӏаларал кучӏдулги.\n— Ячӏа, Патӏимат, дихъе цоги нухалъ, цадахъ гӏодила нилъерго улбузулги бицун, — ан абуна, къо-лъикӏ гьабулаго, гьелъ.\nАваданлъиялъ, рокьуца гурелги, магӏуялъги гӏагар гьарулелъулха ракӏал.\n…Эбел гьечӏел ясал, сордо рещтӏиндал,\nДунги гъорлъе яче, чара холелъул.\nХъизан гьечӏел яцал, цохӏо хутӏидал,\nДунги ракӏалде щва, магӏу тӏолелъул…\nУлбул камуралщиназе гӏахьалаб рекӏел хӏал. Бесдаллъиялъ хӏал ккараб ракӏ магӏие чучулаан, Тубхӏатил кучӏдулги цӏалун.\n…Эбел, духъ бараб чӏегӏер\nБахъизе тӏамуна дун:\nТӏадегӏанав Аллагьас\nГьеб къабул гьабуларин…\n…Бахъана чӏегӏераб кӏаз,\nБахчана магӏил партал.\nАмма къоял анагӏан\nЦӏикӏкӏун камуна эбел…\n(«Бахъана чӏегӏераб кӏаз»)\n* * *\n…Танкан дир ботӏроде рещтӏараб хасел,\nХалатал сардазул магӏил нугӏищ мун?\nГӏолохъанаб расулъ тӏирщараб херлъи,\nДолъул хвел бихьидал, баккарабищ мун?\nЧохьол эбелалъул молоде къулун\nМагӏу гьабулей дир рагӏабийищ мун?\nЦинги, гьеб бихьиназ хъамун унелъул,\n«Унге», — йин ахӏдолеб дир гьаракьищ мун?\n(«Дир гӏолохъанаб херлъи»)\nДагъистаналъего загьирал гьунаразул гъамас гӏадаб бакӏ буго Бацӏада росуян хъван букӏана дица церегӏанго соназ художник Наби Анкаевасул бицунеб макъалаялда. Гьеб гъансиний Тубхӏатги халлъичӏого кьураб къимат гъоб букӏинищха.\nДицаго ретӏарал тӏугьдуз берцинлъун,\nБецӏдерил магъилъан уней йиго дун.\nГӏагараб ракьалде рокьиялъ йорхун,\nХурул кочӏол мухълъун лъугьун йиго дун.\nДирго захӏматалъул тӏоцебесеб гӏетӏ\nГьеб гъветӏалъул рагӏдукь дица бацӏцӏана.\nДора цере ругел рохьазул къиса\nСсанда дий эбелалъ бицун букӏана.\n(«Росдал магъилъ»)\n…Цӏад балелъул, магъилъ лъалкӏ тана дица,\nГьеб гьитӏинаб, гӏицӏаб хӏатӏил букӏана.\nЖакъа, кӏодолъидал, гьеб батуларо,\nРосдал гӏумруялъулъ дун гьечӏей гӏадин.\n(«Дир росу»)\nТӏолайго Тубхӏат гьелъул хасиятгун гӏамал жиндирго шигӏрабалъ йиго: росдахъ чӏалгӏен буссунарей, чӏегӏераб кӏазикь яхчун, магӏуялъ гӏанаби чурарай, кьураб талихӏ бахчизе лъаларей, пашманлъи рагьун бикьулей, божилъи биличӏей, таваккалалъ течӏей. Жиндир ракӏрагьиялъ рекӏелъги йосана гьей гӏадамазда. Магӏарулазул гӏаммал тадбиразе хасаб чӏаголъи кьола гьелъул кӏалъаяз, гъираялда гӏенеккула махсараялъул лъугьа-бахъиназулъ гьелъ лъолеб гӏакъиллъиялъухъ, гӏумруялъул мисалазухъ.\nНуж щалали лъазе,\nЛъилали лъазе,\nЛъазе гьабе, бабал,\nЭбел-инсул мацӏ.\nМиллатго гьечӏеллъун\nХутӏунгутӏизе,\nХвезе тоге, бабал,\nБищун лъикӏаб мацӏ..\n(«Дир гьайбатаб алипба»)\nЛъимер гӏадин дунгогицин йохана, Тубхӏатил «Дир гьайбатаб алипба» тӏехь тӏоцебе бихьидал. Гьитӏичазе гӏуцӏараб гьелда жаниб лъунщиналъул жакъа бугеб кӏудияб кӏвар! «Магӏарул мацӏалъул дарс цӏале, бабу», — ян къвалалъ жийгогӏанасеб тӏехьги къан ячӏунаан, жеги кӏиго лъагӏел бачӏей нижер Алипай. Тӏехьалда руго гьелъие рокьулел, рокьуларел героял, гьелдаса къецбан гьитӏичаз рокъор рицуна хӏайваназул, хӏанчӏазул, гъветӏ-хералъул цӏарал, анкьил къоял, лъагӏалил мехал. Ясли-ахалде щведал, гӏурусабги лъан, гьанже кӏичӏизабун абула: пил-слон, гъалбацӏ- лев, хъартай-Баба-Яга абун.\nГӏурус мультиказада рагӏулел гурелги, жидерго рахьдал мацӏалда щибаб жоялда цӏар букӏин гьитӏичазда лъалареб, лъазабизе хӏаракат бахъулареб заман буго гьаб. Гьеб заманалда баккараб кутакалда хӏажатаб тӏехьги буго «Дир гьайбатаб алипба».\nЛъаларо цогидазул иш, Тубхӏатил гьеб захӏмат кӏудияб ишлъун бихьана дидаго.\nГьеб тӏехьалъ лъимадул гъира балеб бугеб куц цӏидасанги тӏаде руссине, «зинкӏкӏулел, барщулел, гогьдарулел, кьурдулел..» лъималазул дунял рагьизе. Жиндилъго лъимерлъи цӏунарай Тӏубхӏатида кӏун буго гьитӏичазул ракӏазулъе кьо лъезе.\n«Баргъич», «Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз», «Дир жергъен», «Маржанал», «Дир гьайбатаб алипба»— магӏарулазул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул гьал тӏахьал руго жакъа нилъеда цере. Рохелги пашманлъиги, чӏухӏигун чӏалгӏенги, ватӏан бокьиги — тӏолабго рекӏел хӏал къватӏибе загьир гьабулаго, шагӏиралъ къалмица расарал, цо-цо тӏаде магӏу щущан хъварал тӏахьал руго гьел.\nЭбелалде, ватӏаналде, аваразул бахӏарзазде гьарурал Тубхӏатил кучӏдул, цӏиял куркьбалги гъун, ритӏула гьунар бугел кочӏохъабаз нилъер халкъалъухъе.\nСардал рогьун, къоял рукӏкӏун, къулула гьей жинде аман гьарун рачӏаразул мухъал къачӏазе. Тубхӏат лъалезда гьезулъ гьелъул хатӏги халлъула.\nМагӏарулал рохараб сухӏматалдаги яги пашманлъаралъурги Тубхӏат нилъеда ятула. Елъулаго, гӏодулей, магӏу бацӏцӏунаго, гьимулей, лъидаго релълъинчӏей, гьечӏого гӏоларей чӏурканай Тубхӏат.\nЛъицаго хисуларо гьей нилъее магӏарул шигӏрияб дунялалда. Рекӏел къасдазда рекъон гӏамал гьабизе, гьунар рагьизе баракатаб гӏумру гьарила нилъеца гьелъие."}
{"slug": "7676-didoyal-ul-khongi-g-izlyaral-ul-nusalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7676-didoyal-ul-khongi-g-izlyaral-ul-nusalgi", "title": "«Дидоялъул» хьонги Гъизляралъул нусалги", "date": "2020-03-27 08:33:01", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналда гӏезарулел, къачӏалел цо-цо нигӏматал лъазе байбихьана Россиялъул цогидал регионаздаги, хӏатта къватӏисел пачалихъаздаги. Махӏачхъалаялда буго къватӏисел улкабазде къайи-цӏа бичулезул ассоциация ва гьеб хӏалтӏуе квербакъулеб центр. Гьал къоязда редакциялде вачӏун вукӏана гьеб централъул вакил, Гӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъ росулъа Хӏайбулаев Шамил. Гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги гьабуна нижеца.\n— Шамил, щиб хъулухъ тӏубалеб централъ?\n— Нижер хӏалтӏи ккола гьитӏинаб ва гьоркьохъеб бизнесалда ругел ишалъулал гӏадамазе гьезул къайи, нигӏматал къватӏисел пачалихъазде ричиялъе кумек гьаби. Гьединго гьеб ишалъулъ дандчӏвазе рес бугел квалквалаздаса гьел цӏуни.\n— Дагъистаналда къватӏибе биччалеб къайи кин къабул гьабулеб къватӏисел пачалихъаз?\n— Армениялде нижеца битӏула ханжу, гьенисанго руго машиностроениялъе хӏажатал цо-цо алатазул заказалги. Азербайжаналъулгун къотӏи-къай буго урба гьабиялъул рахъалъ, нилъер гьаниб гьабун букӏараб кӏиго гьобо гьенибе битӏизеги буго. Гьебго мисалалъул кӏиго гьобо дагьаб цебе бичана СШАялъе («Нестле» фирмаялъул компаниялъе). Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазда, Армениялда, Азербайжаналда, Казахстаналда, Гъиргъизиялда къабул гьабула «Дидо» КФХялъул урба. Гъиргъизиялда руго гӏемерал дагъистаниял (25 азарго чи), гьединлъидал церетӏолел руго гьеб пачалихъалъулгун бухьенал. Гӏагараб заманалда гьениб рагьизе буго нилъер Дармилаб рукъги. «Амазон» фирмаялъулгун хъван буго къотӏи, гьелда рекъон Европаялъул гӏадамазе ричизе руго Гъизляралъул нусал.\nНугъаялда бугеб «Агромир» СПОКалъ цӏоко-къехь бичула Турциялъе. Нилъер бацӏцӏадаб гьоцӏо босизе бокьун буго батӏи-батӏиял пачалихъазеги. Франциялъе хӏажат букӏана ралъдал гьумералдаса 1500 метралъ тӏадегӏан ругел мучӏдузда кванараб боцӏул рахьги. Цо-цо гӏиллабаздалъун кӏвечӏо гьеб масъала тӏубазе.\n— Гьединаб тӏалаб батани, хӏадур ругищ гьелъие нилъер магӏишатал?\n— Гьелъие хӏажатал шартӏал руго. Амма нилъее гӏолареб рахъ буго берцинаб хӏалалда къайи бихьизаби, ай цебе лъезе лъалеб гьечӏолъи.\n— Ахираб заманалда учузлъана гъурущ, Россиялда тӏад лъураб гьирлъун руго батӏи-батӏиял санкциял. Гьел хӏужабаз зарал гьабулищ нужер хӏалтӏуе?\n— Къватӏисел пачалихъазде къайи бичулезе гъурщил къимат учузлъи буго лъикӏаб иш. Санкциялин абуни, хъинтӏула политикаялде гьоркьоре журазе рес кьолеб даражаялъул кӏудияб бизнесалда.\n— Цоги кинаб кумек щвезе рес бугеб нужер централдаса?\n— Хӏалбихьи гьечӏев бизнесчиясе гьарула малъа-хъваял. Гьабула патентазулаб цӏех-рех. Патент цӏуниялде Европаялда цӏакъго кӏудияб кӏвар кьола. Гьабула маркетинговияб цӏех-рех, лъазарула дур къайи бичиялъе ругел ресал, тӏалабал. Рагьула батӏи-батӏиял выставкабазде нух, гьенир чӏезарула хӏажатал шартӏал.\n— Кинха гьабизе бегьулеб бизнесчияс нужергун бухьен?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьесул букӏине ккола «юридикияб гьумер» (ИП, ООО, КФХ ва гь.ц.). Цинги вачӏине бегьула нижехъе, гьаб адресалда рекъон: Гагаринил къватӏ, 120, ункъабилеб тӏала. Кӏалъазе бегьула гьаб номералде: 8-800-700-99-00, раккизе бегьула нижер сайталде.\nГьабсагӏаталда гӏемерал ресал руго жиндирго магӏишат гӏуцӏарав чиясе пачалихъалъул рахъалдаса кумек щвезе. Тӏалаб буго рацӏцӏадал, химия гъорлъ гьечӏел, мугӏрузда гӏезарурал нигӏматазде. Гьединлъидал цӏакъ бокьилаан мугӏрузул районазда ругел миллатцояз гьеб ишалде кӏвар кьуни."}
{"slug": "7678-giin-kurun-gior-k-alev-makhimud", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7678-giin-kurun-gior-k-alev-makhimud", "title": "Гӏин кьурун, гӏор къалев Махӏмуд", "date": "2020-03-27 09:00:43", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гӏагараб росулъе щвезе сапаралъ яхъиндал, кидаго лъалхъула Хӏебда росулъе щолеб бакӏалда, какал разеги машинаялъубе бензин тӏезеги. Щугогӏан соналъ цее Хӏебде щведал, ракӏ бохизабуна, Авар гӏурул рагӏалда бараб сангар бихьидал. Гьал къоязда редакциялде вачӏана гьеб сангар барав устар Мусрухъа Махӏмуд Гьитӏинов.\n«16 млн 700 азарго гъурщил хӏалтӏи гьабуна нижеца гьениб. Амма жеги кьечӏо гьелъухъ гӏарац. Гьелъие гӏиллалъун буго хӏалтӏи гьаби тасдикъ гьабулел кагътазда заказчикас, ай «Дагводсервис» идараялъ, гъулбасунгутӏи. Гьезул вакилас абуна жидеда ДРялъул Минфиналъ лъазабун бугила бюджеталдаса бахъараб объект бан бахъиналъул хӏакъалъулъ документазда гъулбас гьабугеян абун. Гӏажаибаб жо кколеб буго! Дир идараялдаги «Дагводсервисалдаги» гьоркьоб гьабураб къотӏи-къай буго. Цоябниги рахъалъ гьеб биххизабулеб бугин лъазабунги гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда – 2017 соналда жеги тӏаде жубана гьеб къотӏиялъул болжал. Къотӏи биххулеб мехалда, гӏахьаллъизе ккола кӏиябго рахъалъул вакилзаби. Гьелде тӏадеги, къотӏи бихханищ – гьабун бахъараб хӏалтӏухъ гӏарац кьезе ккола гьебсагӏатго. Дун бергьунеб хӏал буго, юридикияб рахъалъ халгьабуни. Амма бергьунев гьечӏо…\nДоб заманалда районалъул бетӏерлъун вукӏана Мухӏамад Асиятилов. Гьес рагӏи кьун букӏана гьабураб хӏалтӏухъ харж кьезе, амма данде ккечӏо. Гьелъие гӏиллалъун ккана бюджеталдаса нахъе кьураб объект гьеб букӏин, ай гьелде биччараб гӏарац бюджеталда гьечӏолъи.\nРайоналъул бетӏерасул рагӏуда божун, дирго гӏарац харж гьабуна дица гьениб – бичана машина, дача. Гьеб гӏарац кьуна хӏалтӏухъабазул цо къокъаялъе. Руго жеги дица харж кьечӏого хутӏарал хӏалтӏухъабиги», — ян бицана гьес.\nМахӏмуд вуго кьучӏаб рагӏул инсан. Гьедин, гӏурул рагӏалда сангар балаго, гьесул рагӏуда божун, гьенир хӏалтӏана батӏи-батӏиял районаздаса устарзаби, кьуна хӏалтӏизабизе техника. Къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏана техникаги гӏадамалги. Хӏалтӏулаан гъираялда, щайгурелъул цӏадхӏалаб ва гӏазу биараб заманалда лъим гӏемерлъиялъ гьалаглъараб гӏоралъ рагӏалги кванан, шагьранух къварид гьабулеб букӏана. Сангар бай киназего хӏажатаб иш букӏин бичӏчӏиялъ гъирабазабулаан хӏалтӏухъабаздаги.\n«1971 соналдаса нахъе дун вукӏана Хӏебда. Доб заманалда гӏор чвахулаан росулъ жанисан. Дагь-дагьккун, гӏор «хъущтӏизабуна» мегӏералъул ракьандехун. Гьабуна дол соназдаги гьелда цебеги сангар. Амма даимаб жо букӏунарелъул, цебего заман щун букӏана сангар цӏи гьабизе. Нижеца гьеб хӏалтӏи гьабичӏебани, шагьранух къазе кколаан. Гьенисанин абуни, гӏадамал хьвадула Шамил, Лъаратӏа, Бежтӏа ва Цӏунтӏа районазде.\nГьабсагӏаталда гьединаб квешаб хӏалалда буго Хӏебдаса эхедегӏан бугеб гӏурул рагӏал. Лъеца дагь-дагьккун «кваналеб буго» ракь, кколеб буго шагьранухалъе хӏинкъи. Республикаялъул нухмалъиялъ абулеб буго, гьеб рагӏал цӏигьабиялда бан, документалги хӏадурун, гьелда гъорлъего ккезабизе бугин райцентралда гьабун бугеб хӏалтӏул проектги. Гьеб проект къабул гьабуни, бюджеталда букӏине буго гьелъие биччараб гӏарац. Хьул буго гьедингӏаги дир рукӏарал киналго хӏалтӏухъабазе харжал кьезе рес ккеялде», — ян бицана Махӏмудица.\nГьабураб хӏалтӏул чарагьечӏолъиги гьелъухъ харж кьечӏого хутӏиялъулги хӏакъалъулъ чанцӏулго хъвана ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповасухъеги ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялдеги, Гӏурул рагӏаллъаби цӏуниялъул идарабазул нухмалъиялъухъеги, районалъулгун регионалъул ва федералиял судазул идарабаздеги. Амма хӏасил жеги ккечӏо. Чанцӏулго дандчӏвана Махӏмуд министр Набиюла Гъарачаевгунги. Бицана лъикӏаб хабар ва абуна, материал судалде кьеян, гьеб мехалда жиндие бигьалъулила дуе гӏарац балагьизейилан. «Кинниги, дир ракӏ рекъараб хӏасил судазулги ккечӏо. Амма дида лъала дун ритӏухъав вукӏин: гьабсагӏатги берда цебе буго дица ва дир хӏалтӏухъабаз гьабураб хӏалтӏи, жамагӏаталдаги бихьана гьеб гьабулеб букӏараб къагӏида. Гӏадамаз доб заманалда абулеб букӏана, гӏин кьурун, гӏурул чвахи хисизабунин Махӏмудицаян абун. Бокьараб комиссияги гӏуцӏун хал гьабе – гьабураб хӏалтӏул жаваб кьола дица», — ян абуна М. Гьитӏиновас.\nМагӏарухъ нухазул кӏваралъул бицунеб цо хӏужа рехсела. Дир букӏун батила доб заманалда 3-4 сон. Эбел-эмен ун рукӏана хъутаналде, инсул вацасе ригьин гьабизе. Ниж тана кӏодоэбелалда аскӏор. Цо къоялъ радалго гьей ана, нижеде нуцӏаги рахан. Дидаса кӏудияв вацасда лъазабуна гьелъ, кирениги къватӏире унгеян абун. Амма дов, гордухъан къватӏивеги лъугьун, рокъор рукӏаян нижедаги лъазабун, ана. Гьес гьабураб гьабуна нижецаги: бакьулъ ккезавуна дидаса гьитӏинав вацги, дунги яцгӏалги рахъана болъодухъан къотӏноре. Гӏажаибаб, рекӏелъе хӏинкъи ккезабулеб гьаракь рагӏулеб букӏана гӏурул рагӏалдасан. Ниж ана гьенире. Нухго бихьулеб гьечӏоан – гьеб бацизабун бугоан щвараб гӏоралъ. Гӏемер хӏинкъиялъ, ниж гьеб параялъго рокъоре тӏадруссана.\nГьел къоязда магӏарухъе рачӏунел рукӏарал эбел-эмен, нухги гӏоралъ ун, лъелго рачӏине ккана росулъе. Анкьалдасаги цӏикӏкӏун заман бана гьез нухда…"}
{"slug": "7679-tso-tso-bugun-tsiun-bichulaan-khanzhu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7679-tso-tso-bugun-tsiun-bichulaan-khanzhu", "title": "Цо-цо бугьун цӏун бичулаан ханжу", "date": "2020-03-27 09:08:56", "categories": ["history"], "text": "(Сасикьа Гӏабдурахӏимил ракӏалдещвеяздаса)\n…Рагъ лъугӏун хадубги цо чанго соналъ, «рагъалъ чӏунтизабураб халкъияб магӏишат рукӏалиде ккезабулеб бугинги» абун, долго займалги, магъалабиги, страховкабиги ракӏарун, халкъалъул кисиниб шагьи-параги хутӏулеб ва гьезул рокъоб къайи-матахӏги данделъулеб букӏинчӏо.\nРагъде арал гӏолохъабазулги гӏемерисел тӏад руссинчӏо. Руссаралги, сакъатлъун, бох-гъеж гьечӏого рачӏана. Цо-цоял асирлъудеги ккун рукӏана. Гьениса рорчӏаралги, «ватӏаналъе хилиплъарал» абун цӏарги лъун, 10-15 соналъ туснахъалда тӏамуна.\nДида гӏакълу-лъай щвараб заманалда, ай 1947-1948 соназда бихьараб жо буго, мискинаб, язихъаб, пашманаб яшавалда ругел дир росуцоял. Гӏемерисел лъимал хӏатӏида гӏицӏго рукӏунаан. Гьезда тӏад ретӏараб ретӏелги цохӏо гурде-тӏажу букӏунаан. Гьеб ретӏелги гъизихараб ва гӏемераб рукъи бараб букӏун, жиндир аслияб кьер щиб бугеб ва щиб ххамил гьабурабали лъалареб букӏунаан. Ретӏел чуричӏого тӏубараб хасел унаан — гьеб тӏаса бахъидал, хисун ретӏине цоги ретӏел гьечӏолъиялъ. Къаси регулеб бусенги жаниб хӏет лъураб квасул ургу букӏунаан. Тӏаде бачунеб жоги квасул гьабураб, «цӏаха» абун жинда абулеб бакӏаб жо букӏунаан. Анцӏго-къого соналъги жиб чуричӏеб, нацӏалъ, чӏетӏалъ жиб цӏураб, лъималазул кӏущалъ туризабураб букӏунаан бусен.\nЯшавалъул язихълъиялъ лъималазул черхалда тӏагӏунарел тӏомол унтаби рукӏунаан. Бищунго сах гьабизе захӏматаб букӏана бетӏералде бараб тӏехӏ. Тӏубанго ботӏрол тӏом квешаб махӏ бугеб чанхъ тӏад чӏван букӏунаан. Ахирабги тӏехӏ тӏагӏинабуна, 1955-1956 соназ Буйнакскиялда ва Махӏачхъалаялда больницабазда регизарун. Нацӏ-чӏетӏ жеги чанго соназ тӏагӏун букӏинчӏо, жанир чӏолеб рукъ, тӏад ретӏунеб ретӏел чорокаб букӏиналъ, гьелъул хьон бакъвазабизе захӏмат букӏана. Дида ракӏалда буго, школалда цӏализе унеб мехалъ, «дуст ДДТ» абулеб цӏакъ махӏ квешаб дару балаан цӏалдохъабазул ратӏлил жанисеб рахъалде. Гьелъул квешаб махӏалъ нацӏ тӏагӏунаан, амма кибго тӏибитӏараб хӏутӏ-хъумур букӏиналъ, цо анкь гӏадаб заманалдасан цӏидасанги бачӏун батулаан.\n1957 соналда дун Махӏачхъалаял-да цӏалулелъул, общежитиязда ругел цӏалдохъабазул ретӏел ва бусен-къайиялъе, санэпидстанциялде баччун, лъагӏалида жаниб цо чанго нухалъ дезинфекция гьабулаан. Гьенибги добго нацӏ камулеб букӏинчӏо ва гьеб хвезабизе гӏоло, бухӏараб хӏухьлал хьагазухъе балаан ретӏел.\nНижер хъизан жаниб хӏебтӏараб мина букӏана халалъухъе ва гӏеблъухъе анлъ-анлъ метр бугеб цо рукъ. Гьеб рукъалъул лъабго метр гӏеблъи ва лъабго метр халалъи бугеб бакӏ, хьопалъ хьухьун къадалги гьарун, гьелда хӏарщ-ракьги бохьун, батӏа тӏезабун букӏана, ва гьелда цӏар букӏана печьрукъ абун. Гьеб букӏана жаниб гьитӏинаб печьги цӏулал мангиги бугеб, цо хьибилалда 3-4 хъарщи лъураб, цӏарагӏ тӏад лъолеб мегӏелиги бугеб рукъ. Гьитӏинабго гордуги букӏана гьелъул. Нижер хъизамалъул 5-6 чи вукӏана.\nРукъалъул цогидаб бутӏа букӏана гордоги гьечӏеб, берцинго къадазда хӏарщги бохьичӏеб. Хасало тӏупун къазего къан бачӏунареб гьетӏараб нуцӏаги букӏана гьелъул. Къадал цо хьибилалда риидал жаниб цӏа бакулеб «тавухан» абулеб бакӏги букӏана, цӏадул кӏкӏуялъ чӏегӏерлъизарурал рукӏана рукъалъул къадалги чӏалу-рахиги. Гьеб рукъалъул бокӏнида, дунги дир гьитӏинав вац ва кӏудияй яц регулеб, хӏеталде тӏаде рехараб басрияб цӏахаги, тӏутӏун лъугӏулеб бугеб къохьол тӏимугъги букӏана. Тӏубараб хаселалъ гьеб бусен хисизе рес букӏинчӏо, ва нижер кӏващ цӏахаялдаса тӏагӏараб, гьеб бакъвараб заманги букӏинчӏо.\nНижералдаго релълъараб яшав\nбукӏана росдал гӏемерисел гӏадама-зулги. Цо-цо хъизамазул мина-рукъ дагьабго гӏатӏидабги букӏана, цо-цо нижедаса язихъалги рукӏана.\nКвен-тӏех тӏубанго тӏагӏун ракъи бугеб заман дир гӏумруялда жаниб букӏинчӏо — цӏоросаролъил хинкӏ-чедниги, тӏехниги, картошка-гьолониги тӏагӏун хутӏичӏо.\nГӏачиязул рахьдадаса тӏорахь бахъулеб машина букӏана колхоза-лъул. Тӏорахь бахъун хадубги рахьалда цӏцӏо гъун, гьелдаса хӏан гӏадаб жо гьабулаан. Гьеб букӏана щибго жиндир тӏагӏам гьечӏеб, ракь гӏадаб нисо. Кванида цадахъ гьекъезе хӏан бахъун хутӏараб риди босизе иргаялда чӏун лъималги рукӏунаан. Риди щвечӏого, гӏемерисел чӏорого тӏадги руссунаан. Цоги, ракӏалда буго, колхозалъул хӏан жаниб лъурал къалазухъан гьеб хӏан хӏукуматалъе кьун хадуб нахъе хутӏараб цӏамул лъим (тори) босизе унел рукӏараблъи – квание дандежолъун гьеб хӏалтӏизабизе. Чанго нухалда дунги дир яцги Къедире щвезегӏан ана гьеб босизе. Цӏоросаролъил хинкӏалги гьарун, гьел жанир релъараб лъиналде дагьабго цӏамги тӏехги жубан, гьекъолеб букӏана хинкӏалгун цадахъ. Дагьабго нису-хӏанги жубан буцараб тӏохол къай кваназе щвейги кӏудияб рохел букӏунаан. Цоги, ракӏалда буго, эбелалъ нижее — кӏиго васасе — цохӏо хоно белъун, гьеб кӏибекун кьолеб букӏараблъиги.\nХасало цӏакъго захӏматаб нух букӏана, мегӏер бегун ине кколеб, чачаназул Хашакь абулеб росулъе. Цо-цо гӏадамал бажаричӏого тӏад руссунги рачӏунаан. Гьениса, хӏамузда тӏадги къан, бачӏунаан цӏоросаролъ. Цо соналъ гьеб букӏана ккалараб, кьогӏам тӏагӏамалъул. Рес гьечӏолъиялъ гьелъул гьабураб хинкӏ-чедги кваназе кколаан.\nРагъда хадусел соназ халкъалъе кумек гьабун бачӏунеб ролъул ва огобалъул чӏегӏераб ханжу букӏана. Цере хӏамулги къотӏун, Буйнакскиялде щвезегӏан ине кколаан гьеб босизе, ва гьеб сапар анцӏго къоялдасаги халалъулаан.\nНарт, цӏам ва ххам-квар босизе унаан, Гӏанди мегӏерги бегун, Грозныялде щвезегӏан. Гьеб сапарги цӏакъ халатаб ва захӏматаб букӏана. Грозныялде унеб мехалъ хӏамузда тӏад цӏоросаролъил ханжу, багӏаргьоло, нису-хӏан лъолеб букӏана. Гьенир ругел хӏалтӏухъабиги цӏакъго язихъаб хӏалалда рукӏун, кваналеб жоя-лъухъ гьез хисун ретӏел-хьит кьо-лаан.\nДир эбелалъул вац Гӏабдул-муслимица бицунаан, жив анила Грозныялде, хӏамида тӏад цӏоросаролъил ханждал таргьаги къан. Гьениб цо чӏараб бакӏалдаса вагъаризе течӏого, сверун руссун гӏадамаз ханжу бичун босулеб букӏанила, ретӏел-хьитги жиндие кьун. Гьеб дармил байбихьуда жинца цо-цо стакан цӏураб ханжу кьолеб букӏанила лъималазул цо ратӏлихъ. Дагьаб хадуб гӏадамаз гьаранила гьеб жидееги щвезе гӏоло цо чиясе бащдаб стакан гурони кьогейин абун. Ахиралда жинца гьеб ханжу цо-цо бугьун цӏун бичанила ва, гьебги хъатиниб бан, гьелда мацӏги ба-хъулаго, гӏадамалги унел рукӏанила.\nДоб заманалъул мискинаб, язихъаб яшавалъул бициналъул мурад буго нилъ кантӏизари. Жакъа-себ бечелъиги эркенлъиги цебе букӏинчӏолъи кӏочене тезе бегьуларо. Гьарзаго нигӏматал нилъее кьурав Бетӏергьанасе щукру гьабизеги кӏочене бегьиларо."}
{"slug": "7771-balagazdasa-tsiuniyal-e-sabab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7771-balagazdasa-tsiuniyal-e-sabab", "title": "Балагьаздаса цӏуниялъе сабаб", "date": "2020-04-08 23:25:17", "categories": ["history"], "text": "Балагьал нахъчӏваялъе ва\nхӏажатал тӏураялъе дугӏаялъул\nкӏудияб пайда букӏуна. Гьелъул\nхӏакъалъулъ руго аварагасул\n(с.т.гӏ.в.) хӏадисалги.\nАварагас абун буго: «Тӏадегӏанав\nАллагьасул хӏукму-къадар\nнахъчӏваларо дугӏаялъ гурони,\nгӏумруги халалъуларо, лъикӏлъи,\nай садакъа-хайрат гьабиялъ гуро- ни», — ян.\nТӏадегӏанав Аллагьасда гьару- лелъул, дугӏа гьабулелъул, ният\nбацӏцӏадав инсанасе Аллагьас\nкьола нигӏмат, жаваб гьабиял- далъун. Жинда Аллагь разилъаяв\nГӏали асхӏабас абулеб буго: «Ну- жеца балагьал тӏаса рорхизе гьаре\nдугӏаялдалъун», — илан.\nАллагь разилъаяв Анасидасан\nбицана: «Нуж дугӏа гьабиялдаса\nгӏажизлъуге, дугӏагун вугев чи ки-\nданиги гьалаглъиларо», — ян.\nСвалат-салам лъеяв аварагас абу-\nна: «Тӏадегӏанав Аллагьасе бокьула\nсахлъи ва балагьаздаса цӏуни гьа-\nризе. Дугӏаялъ мунпагӏат гьабула\nбалагь рещтӏиндал тӏаса босизеги\nрещтӏунеб нахъчӏвазеги», — ян.\n«Нужеца гьаре, Дица жаваб гьа-\nбила», — ян Тӏадегӏанав Аллагьас\nабун бугелъул, нилъее дугӏаялъе\nжаваб гьабичӏого толеб гьечӏо.\nАмма цо чияс жиндирго мурадлъун\nбугеб, балагь тӏаса боси букӏаниги\nялъуни цо кинаб бугониги жиндие\nхӏажатаб жо тӏалаб гьабун бугони-\nги, гьарараб мехалда, гьебсагӏатго\nжаваб гьабичӏони, гьелъие рукӏуна\nбатӏи-батӏиял гӏиллаби.\nБасра шагьаралда базаркъотӏ-\nносан унаго, Адгьамил Ибрагьи-\nмида жамагӏаталъул цо къокъаялъ\nабун буго: «Я, Аба-Исхӏакъ! Ни-\nжеца Тӏадегӏанав Аллагьасда гьа-\nрула, жаваб гьабуларо», — ян. Гьес\nжаваб гьабун буго гьадин: «Нужер\nракӏал хун руго анцӏго жоялдалъун:\nтӏоцебесеб – нужеда Аллагь лъа-\nла, амма Досул амру тӏубазабулеб\nгьечӏо; кӏиабилеб – нужеца абула\nнижее Авараг вокьулилан, амма гье-\nсул суннат нужеца тун буго; лъаба-\nбилеб – нужеца Къуръан цӏалула,\nамма гьелда гӏамал гьабуларо; ун-\nкъабилеб – нужеца Тӏадегӏанав\nАллагьасул нигӏматал кванала, щу-\nкру гьабуларо; щуабилеб – нужеца\nабула щайтӏан нижер тушман бу-\nгин, гьелъие бокьухъеги хьвадула;\nанлъабилеб – нужеца абула алжан\nхӏакъаб бугин, ай букӏиналда бо-\nжула, амма гьелъие мустахӏикъаб\nгӏамал гьабуларо; анкьабилеб\n– нужеца абула жужахӏ букӏин\nхӏакъаб бугин, амма гьенире кке-\nялдаса цӏунулеб гӏамал гьабула-\nро; микьабилеб – нужеца абула\nхвел хӏакъаб бугин, амма гьелъие\nнуж хӏадурлъуларо; ичӏабилеб –\nнуж макьидаса рорчӏула, ай радал\nтӏаде рахъуна ва нуж машгъуллъу-\nла гӏадамазул гӏайибал цӏехеялде,\nай гьелда хадур лъугьуна, нужерго\nгӏайибалин абуни жахӏалго тола, ай\nгьел рихьуларо, гьезул кӏварги гьа-\nбуларо; анцӏабилеб – нужеца ну-\nжерго хварал чагӏи рукъула, амма\nгьезул пикру гьабуларо»."}
{"slug": "7773-shchaj-makhirum-garulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7773-shchaj-makhirum-garulel", "title": "Щай махӏрум гьарулел?", "date": "2020-04-08 23:33:56", "categories": ["pismo"], "text": "Советияб заманалда почалъул хӏалтӏухъабаз цо-цо бакӏалда поч баччу-\nлаан чуязда рекӏун яги лъелго ун. Гьел чуялги чӏорого кьолаан яги гӏарац\nбиччалаан чу босизе.\nДРялъул УФПСалъул нухмалъулев ва Шамилхъалаялъул почалъул на-\nчальник хисизегӏан (2016 соналъул августалде щвезегӏан) нижееги поч\nбикьаралъухъ тӏадеги гӏарац биччалаан – хӏисабалде росулаан нухлул\nманзилги тӏабигӏиялгун гьава-бакъалъул шартӏалги. Гьанжейин абуни,\nштаталъул расписаниялда рекъон, гӏицӏаб харж гурони щоларо.\nПоч гуребги, 30-40 километралъ рикӏкӏад ругел бакӏазде пенсиялгун\nпособиял росунги уна ниж. Гьелъие гӏоло цин райцентралде щола гьеб\nкиналдаго хадуб, хадур (нижерго гӏарацги хвезабун) уна рикӏкӏадал ро-\nсабалъеги хъутабаздеги. Цо-цо мехалда дагьа-макъаб гӏарцул къадарги\nгурелъул нижехъ букӏунеб. Гьелъул жавабги кьезе кколелъул.\nГьединлъидал гьеб суалалъулъ нижер ихтиярал хвезарун ругилан\nхъварал гӏарзаби нижеца ритӏун рукӏана ДРялъул бетӏер Владимир Васи-\nльевасухъе, прокуратураялде, районалъул судиясухъе.\nГьединго битӏун букӏана газеталъул редакторлъун вукӏарав Гӏали Ка-\nмаловасухъеги. Амма балагьила, бихьилаян абун гурони, нижер кагътил\nхӏасил ккечӏо.\nГьанжегӏаги гьеб хӏал хисилин абураб хьул буго ва нижер масъала\nтӏубазабиялде цӏияв редактор Гӏумахан Гӏумахановас кӏвар кьуни бокьи-\nлаан.\nНижги Гумбет районалъул почалъул хъулухъалъул хӏалтӏухъаби:\nГӏазра Гӏубайдулаева (Цӏиликь), Равзанат Гӏалихӏажиева (Цӏунди-\nШабдухъ), Азипат Ахкубегова (Ингиши), Парида Мухӏамадова\n(Лъаратӏа), Шамсият Султӏанмухӏамадова (Данухъ)."}
{"slug": "7774-giak-uba-bikhana-khiataldasa-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7774-giak-uba-bikhana-khiataldasa-un", "title": "Гӏакъуба бихьана хӏаталдаса ун", "date": "2020-04-08 23:35:36", "categories": ["pismo"], "text": "Дун ккола 1939 соналда гьавурав, Чӏарада районалъул Багинуб росулъа\nчи.Дир заманалда росулъ букӏинчӏо школа, цӏализе ине кколаан Къуч-\nраб росулъе. Нижер росулъа 19 лъимер хьвадулаан гьенибе, гӏемерисеб\nзаманалда хӏатӏида гӏицӏго.\nИнсул гьумер дида лъаларо. 1939 соналда ун вуго рагъде. Нижер ин-\nсул гьитӏинав вац Махӏмудги дида лъаларо, гьевги рагъде аралъуса тӏад\nвуссинчӏо. Хутӏана 33 сон барай эбелги кӏиго васги. Гьеб заманалда ква-\nналеб жо букӏана мичӏчӏ, ччути ва цогидабги чӏахӏ. Ретӏелги букӏана, ма-\nсала, тӏажуялда 20-25 рукъи бараб. Гордеги букӏинарищха гьединабго.\nГӏанкӏудал ханидасацин кьезе кколаан налог. Дир кӏудияв вац Мухӏамадов\nГӏумар цӏалулев вукӏана Дусрахъ росулъ. Гьениб букӏана 7 класс. Рагъда\nчӏварав чиясул лъималин абун, бачӏунаан 4 гъурущ, ва гьебги кьезе кко-\nлаан вацасе кванихъги, ратӏлихъги, цогидаб хӏажатаб босизеги. Дусрахъе\nбукӏинчӏо машинадул нух, лъелго ине кколаан, 13-14 км нахъаги тун.\nМоцӏида жанив цо нухалда гурони вацги рокъове вачӏунароан.\nБалугълъиялде вахиндал, дун хӏалтӏана батӏи-батӏиял бакӏазда. Ар-\nмиялдаса витӏана «Челябинск-40 маяк» абураб бакӏалде. Гьениб гьабун\nбукӏана ядернияб яргъил хӏалбихьи. Тӏубараб лъагӏелалъ гьеб ракьалде\nгӏадан виччачӏого, ракь букӏана махӏцун. Ниж гьенире щвана 1958 со-\nналъул ноябралда ва нижеда гьенир ратана цӏулал гьарурал казармаби.\nУнкъо-щуго моцӏидаса байбихьана солдатал унтизе, гӏемерисел нахъе\nритӏана. Нижее моцӏрое щолаан 220-240 гъурущ. Гьелда тӏасаги кванихъги\nратӏлихъги ккун, кодобе щолаан 180-190 гъурущ. Гьелъулги бащдаб гуро-\nни кодобе кьолароан, хутӏараб, армиялдаса нахъе риччалелъул, сберкниж-\nкаялде рехилинги абун. Рокъове вачӏиндал, дие щвана 5600 гъурущ. Гьеб\nгӏарцухъ гьабуна хъизан, бана мина. 1961 соналда милициялда хӏалтӏизеги\nлъугьана. Гьеб хъулухъалда бана ичӏго сонги ичӏго моцӏгун бащдабги.\nДида кӏолароан гӏадамазул ракӏ лъукъулеб иш гьабизе ва, гӏарзаги кьун,\nдун нахъе ана. Кӏудияв вацги вукӏана милициялда хӏалтӏулев, 1966 сонал-\nда гьевги хвана. Гьедин рукъалъул тӏолабго ургъел бегана диде тӏаде."}
{"slug": "7780-kida-nil-kantiize-rugel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7780-kida-nil-kantiize-rugel", "title": "Кида нилъ кантӏизе ругел?", "date": "2020-04-09 21:09:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏолгодунялалъулго сахлъи цӏуниялъул гӏуцӏиялъ (ВОЗ) корона- вирусалъул пандемия лъазабуралдаса пикрабазул рахъалъ халкъ- го кӏийиде бикьана. Цояз бахунеб унти махсара хӏисабалда къабул\nгьабуна, цогидазин абуни, нигӏматазул нахърателги гьабун, рокъ- ор чӏезе хӏукму гьабуна. Тӏоцересез гьеб ахӏвал-хӏал политикияб\nхӏайлъун рикӏкӏунеб буго, божулел гьечӏо унти унго-унгоги дуня- лалдаго букӏиналда. Божугейин гьел харбаздайинги абун, гьез цо- цахъе видео-хитӏабалги ритӏулел руго.\nКин батаниги, Дагъистаналдаги гьеб унти бахиналда щаклъи бу- гезул сияхӏ къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб букӏин хӏисабалдеги\nбосун, бичӏчӏулеб буго цебехун бихьичӏеб унти тӏибитӏулеб букӏин.\nАмма гӏадамазул дунял бичӏчӏиги батӏи-батӏияб бугелъул, гьелда ре-\nкъараб хӏинкъиги бижулеб буго. Интернеталда батанщинабги цӏа-\nлун, дун унтиладаян хӏинкъун соролел цоял, гьеб ургъунго нилъ\nхӏинкъизаризе тӏибитӏизабураб хабар бугин бицунел цогидал. Лъида\nбожилел?\nИнсан сундаго щакдарулеб заманалда гьев яги диналда ракӏчӏун,\nрухӏиял церехъабаз бицунелъухъ гӏенеккула яги гьес медициная-\nлъул махщелчагӏазул, психологазул малъа-хъваяздаса пайда босула.\nСоциалиял гьиназда щалали, кинаб гӏакълуялъулали лъаларез бицу- нелъухъги гӏенеккун, нилъ тӏураладай? Гьеб ургъунго гьабураб ви-\nрус батаниги, унго-унгояб батаниги, нилъехъа хисизабизе бажарулеб\nжо бугищ? Диниял церехъабазги, жамгӏиял хӏаракатчагӏазги, психо-\nлогазги, сахлъи цӏуниялъул вакилзабазги малъулеб буго нужерго ва\nсверухъ ругезул сахлъи цӏунеян. Нилъерго сахлъиялъул ургъел гьа-\nбулеб батичӏони, сверухъ ругезда бугеб гӏайиб щиб?\nРагьдухъе щун буго\nДагьаб цебегӏанги коронави-\nрусалда тӏасан махсараби гьару-\nлел рукӏарал гӏадамал, рагьдухъе\n«богӏоло» бачӏиндал хӏинкъун\nцӏодорлъи гьабизе лъугьунел руго.\nКамулел гьечӏо, администраци-\nялъ ва сахлъи цӏуниялъул идара-\nбаз гьарурал малъа-хъваязухъги\nгӏинтӏамичӏого, шагьаралъул хӏухь-\nбахъулел бакӏазда сверулелги. Гьез-\nдаги берцинго лъазабулеб буго ка-\nрантин лъугӏизегӏан рокъорго чӏун\nлъикӏилан. Гӏенеккулел ругищха\nнилъер гӏадамал малъа-хъвая-\nзухъ? Кинаб бербалагьи бугеб ни-\nлъер гӏадамазул гьаб ахираб зама-\nналда дунялалдаго тӏибитӏараб ун-\nтуда сверухъ?\nХӏамзат, полициялъул хӏалтӏу-\nхъан: «Коронавирус хехго бахунеб\nбукӏинги, гьеб гӏадамазда гьоркьоб\nтӏибитӏулеб бугеб куцги бихьана\nнилъеда республикаялдаги гьеб ви-\nрусалъ гӏадамал унтидал. Унтарас-\nда аскӏор рукӏарал, гьесдаса унти\nбахине рес букӏарал гӏадамал ка-\nрантиналда руго рокъор чӏезарун.\nГьединал бакӏазда нижецаги\nгӏахьаллъи гьабизе ккола. Каран- тиналда чӏоларел гӏадамал сабаб- лъун, унти бахине рес буго тохтур- забаздеги нижедеги. Кӏиго анкьалъ\nрокъор чӏун яхӏ гьабизе кӏоларел\nгӏадамал сабаблъун щай нижер\nлъималги херал эбел-эменги унти-\nзе кколел? Гӏолилазул ва лъимала-\nзул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏин ко-\nронавирусалъ унтанигиян абулеб\nбуго цо-цо ургъел гьечӏел гӏадамаз.\nЖидеего зарал ккечӏелдаса нахъе\nчӏахӏияб ригьалъул гӏадамал унта-\nниги гьезие къварилъи гьечӏеблъи\nбичӏчӏулеб буго. Цо-цоязул гӏадлу\nгьечӏолъи сабаблъун лъие бокьи-\nлеб жидерго гӏагарлъиялъе зарал\nккезе?! Гьанжелъизегӏан нилъер\nгӏадамал релъулел рукӏана коро-\nнавирусалда, гьеб жидеда хъва-\nларин абун. Кванил нахърателал\nгьарурал гӏоларо, цоцазул ургъелги\nцӏуна-къайги гьабизе ккола. Нилъ-\nерго рагьде бачӏинегӏан чӏечӏого,\nщивас жидерго хъизама-лъул жа-\nвабчилъи тӏаде босизе заман щун\nгьечӏищ нилъее?»\nИнсанасул хасият тӏатунеб заман\nХӏалимат, учитель: «Дида\nракӏалде ккола гьаб унти ур-\nгъунго гӏадамал хӏинкъизаризе\nтӏибитӏизабураб жо бугин. Гье- диналго гӏаламатал ругеб грипп\nтӏибитӏараб мехалда школазда ка-\nрантингицин лъазабуларо. Коро-\nнавирус цӏияб унти гӏадинги би-\nхьизабун, гӏадамал хӏинкъизарулел\nруго. Тарихалде раккани, нилъеда\nбихьула гьеб унти гӏемерал со-\nназ цебеги гӏадамазда гьоркьоб\nтӏибитӏун букӏин. Италиялда\nгӏемерал гӏадамал хванин би- цун хӏинкъизарулел руго. Гьениб\nгӏумру гьабун ругел дагъистания-\nзин абуни батӏияб хабар бицунеб\nбуго. Лъида божилел?»\nПатӏимат, жамгӏияй хӏара-\nкатчӏужу, пенсионер: «Захӏматаб\nзаман бачӏун буго нилъеде. Коро-\nнавирус тӏибитӏулеб букӏиналъ ва\nгьеб чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазе\nхӏинкъи бугеблъун букӏиналъ гуро\nзаман захӏматаблъун бугеб. Цо-\nцо гӏадамазулъ гӏаданлъи хутӏун\nгьечӏеблъи бихьун ракӏхолеб буго.\nКъварилъиялъулъ лъалин инса- насул унго-унгояб хасиятин абу- ла. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда,\nгӏадамазе кумек гьабулелги зарал\nцӏикӏкӏаралги гӏадамал тӏатунел\nруго нилъеда сверухъ. Вирусалъ\nцӏикӏкӏун зарал гьабизе рес бугел\nчӏахӏияб ригьалъул гӏадамазе ку- мекалъе кванил нигӏматал росун\nщвезарулел волонтеразул къокъа- биги гӏуцӏун руго.\nГьезда дандекквезин гӏадамазе\nбищунго хӏажатал нигӏматал\nщуго-анцӏго нухалда хираго ри- чулел даранчагӏи. Коронавирус\nунти бахине биччаларин абун Ин-\nтернеталда бицунеб рагӏидал, 300\nгъурщиде бичулеб букӏараб им-\nбиралъул багьа къасиса радалал-\nде 1000-2000 гъурщиде бахинабун\nбичизе байбихьана яхӏ гьечӏез. Цо-\nцо тукабахъ чадил буханкаялъул\nбагьа 25 гъурщидаса 50 гъурщиде\nбахана. Гьединабго къагӏидаялда\nвирусалдаса цӏуниялъе хӏажатал\nмаскабигун антисептикал 10-50\nнухалъ хира гьарун ричулел руго\nгьоркьохъабаз. Гӏадамазул рес\nкъотӏиялдаса пайдаги босун, щва-\nраб хайиралда щибдай гьез гьабизе\nбугеб? Нилъер гӏадамаз рихьда-\nего садакъаби гьарула, мажгитал\nралелъул гӏахьаллъула, рихьдае\nтӏагӏат гьабула. Гьадинаб, киназего\nзахӏматаб къо тӏаде бачӏиндалин\nабуни, гӏемерисезда кӏочон толеб\nбуго жал бусурбаби рукӏин».\nХадижат, росулъ гӏумру гьа-\nбулей гӏадан: «Жакъа интерне-\nталдаги, годекӏабахъги, щива-\nсул гъасдаги коронавирусалъул\nхӏакъалъулъ гуреб батӏияб хабар\nбицунеб рагӏуларо. Шагьаралда\nцӏалулел рукӏарал студентал, зама-\nнаялъ хӏалтӏулел рукӏарал росуцо-\nял гьал къоязда тӏадруссун рачӏана.\nРосулъ щибаб къоялъ гӏакӏа ахӏула\nва малъа-хъваял гьарулел руго.\nЛъимал къватӏахъе риччагеян\nва къваригӏел гьечӏого рокъоса\nкъватӏире рахъунгеян лъазабула.\nРосулъе гьеб унти щвеларилан\nракӏалде ккола дида. Нагагь щва-\nницин гьебги Аллагьасул хъвай.\nУнти кьолевги Аллагь, сах гьару-\nлевги Аллагь».\nМухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.)\nхӏадисалда буго: «Кинаб букӏаниги\nракьалда вабаъ унти тӏибитӏун бу- гин абун рагӏани, нуж гьенире\nунге. Нуж ругеб ракьалда вабаъ\nбагъарани, унтудаса лъутун гьеб\nбакӏалдасаги нахъе унге», — ян (Бу-\nхари, Муслим).\nГьаб хӏадисалда карантиналъул\nбицунеб букӏин бичӏчӏилеб батила\nкиназдаго. Гӏицӏго нилъерго гу- ребги, сверухъ ругезулги ургъел\nгьабизе кколеб заман бачӏун бу- гелъул. Нилъер ракьалда унти\nтӏибитӏун букӏинги бичӏчӏун, све-\nрухъ ругезул ургъелги гьабичӏого\nжал унтукьа хӏинкъуларин абун\nбокьухъе свердулез пикру гьабизе\nккела гьаб хӏадисалъул."}
{"slug": "7781-motsiidasan-gab-unti-tankililan-khul-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7781-motsiidasan-gab-unti-tankililan-khul-bugo", "title": "Моцӏидасан гьаб унти танкилилан хьул буго…", "date": "2020-04-10 06:40:53", "categories": ["obshestvo"], "text": "Коронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ\nбицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз\nКоронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ\nбицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз\nЖалалудин Сагӏидбегов,\nРималда бугеб Сапиенца университеталъул профессор\n(Италия)\nДун гӏумру гьабун вугеб Рималда, Италиялъул северияб рахъалде данде ккун, ахӏвал-хӏал дагьабго\nгӏодобе биччараб буго. Ахираб 30 соналда жаниб дида тӏоцебе бихьулебги буго гьадинаб Рим.\nАскӏобго бугеб тукаде араб мехалдагицин къанагӏатги вихьуларо чи.\nКоронавирусалъул эпидемия байбихьилалде туристазул гӏемерлъиялъ хӏетӏе чӏезе бакӏ букӏунароан гьаниб. Рималъулаздаса цӏикӏкӏун рукӏунаан тӏаде рачӏарал.\nРималда гӏагарлъухъ бугеб Лацио шагьаралда гьадинаб хӏал буго: коронавирусалъ унтана 2758\nчи, хвана 169 ва сахлъана 337 чи. Госпиталалда регаразул къадар буго 1131 чи. Гьезда гьоркьоса интенсивнияб терапиялъул отделениялда вуго 177 чи.\nРокъорго чӏун сах гьавулев вуго 1450 чи.\nИнтернеталдасан бицунеб куцалда концертал кьолел, релъихъуялдаги гьечӏо гьаниб халкъ.\nЦӏакъго пашмангоги гьечӏо. Божилъи буго унти къезабизе бажарилин абураб.\nГьединго соцсетаздаги цогидалъубги бицунеб рагӏула хварал чагӏи рукъизе хадур гъолел гьечӏин\nИталиялда. Гьедигӏан гӏемерал жаназабиги гьечӏо гьанир.\nПачалихъалъ кумек гьабулеб буго хӏалтӏиги рехун тун, рокъор чӏезе ккарал гӏадамазе. Цо-цо налогаздаса эркен гьаруна гьел, страхованиялъул гӏуцӏабазги байбихьулеб буго рецӏалил гӏарац кьезе.\nДица нилъерго ракьцоязда, дагъистаниязда гьарула унти тӏубанго лъугӏизегӏан парахатго чӏайилан. Гӏемерав чиги ахӏун бертаби гьарулеб, зигараялъ унеб гӏадат дагьаб заманаялъ кӏочон те. Заманаялъ мажгиталцин къазе бегьилааан, гӏарабазул улкабаздаго гӏадин.\nСайгид Билалов,\nСвердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр\nДица нухмалъи гьабулеб Алапаевск шагьаралда жакъа къоялде гьечӏо коронавирусалъ гӏадамал унтиялъул цониги хӏужа.\nКарантиналда вуго 44 чи. Улкаялъул Президентасул ва Свердловск областалъул губернаторасул Указалда рекъон, лъазабун буго хӏинкъи гьечӏолъиялъул хасаб низам. Къватӏахъ вукӏунаро цониги\nчи, хасал хъулухъазул хӏалтӏухъаби тун батӏиял.\nРахан руго тӏолалго тукаби, кванил нигӏматазул хутӏизегӏан. Шагьаралде рачӏунел чагӏазул тӏадчӏун хал гьабула ва 14 къоялъ карантиналда лъола. Мисалалъе, Москваялдаса бачӏараб хъизан 14 къоялъ карантиналда лъуна.\nТаксиялда цо чи гурони рекӏине виччаларо. Хъизан цадахъ бугони, бегьула.\nТадбирал согӏал руго, амма кинабго гьабулеб буго шагьаралъул гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе ва\nхӏинкъигьечӏолъи букӏинабиялъе гӏоло. Гьединлъидалин коронавирусалъ унтарав цониги чиги гьечӏев.\nТукаде жаниве виччаларо щугоялдаса тӏаде чи. Гьезда гьоркьобги букӏине ккола бащдаб метралъул манзил.\nКиналго маскабиги ххун руго. Маскабазул къварилъи гьечӏо, щай абуни нижеца хӏукму гьабуна ретӏел букъулеб ателье маскаби рукъиялде сверизабизе.\nМикрофоназдасан гьоркьоса къотӏичӏого лъазабула къватӏиве хӏажалъи гьечӏого чи вахъунгеян. Нагагь вахъани, хех гьабун щвезавула ГОВДялде.\nБокьун буго «Хӏакъикъат» газета гьоркьоб ккун, урхъараб салам битӏизе Дагъистаналъул тӏолабго халкъалде ва, тӏоцебесеб иргаялда, дирго гӏагараб Гӏахьвахъ районалъул гӏадамазде.\nАллагьас цӏунаги нилъ балагьаздаса!"}
{"slug": "7783-motsiidasan-gab-unti-tankililan-khul-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7783-motsiidasan-gab-unti-tankililan-khul-bugo", "title": "Моцӏидасан гьаб унти танкилилан хьул буго…", "date": "2020-04-10 09:34:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Коронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ\nбицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз\nКоронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ\nбицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз\nАсият Ризванова, блогер (США)\nКоронавирусалда бан Америкаялъул штатазда ахӏвал-хӏал батӏи-батӏияб буго. Руго тӏуранго жанире нухал къарал штаталги. Масала, Калифорния.\nДагьал гьечӏо эркенго тарал штаталги. Цӏакъго хӏажалъи ккун гурони, рокъоса къватӏире рахъине изну гьечӏо. Гьаниб унго-унгояб цӏодорлъи гьабулеб буго. Школалги вузалги хӏалтӏулел руго дистанциялъулаб къагӏидаялда.\nГьеб заманалда жаниб хӏукуматалъ хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамазе 1200 доллар, щибаб лъимералъе 500 доллар кьезе бихьизабун буго. Гьеб ккола лъагӏалида жаниб жидер хайир 150 азарго долларалде бахунарел хъизаназе кьолеб гӏарац.\nГьаниб щивав чиясухъа, страховкаги гьечӏого, чӏобого босула коронавирус загьир гьабулеб анализ.\nНижеца гӏумру гьабулеб буго ижараялъе росарал минабахъ. Гьезул тӏалаб гьабула цо компаниялъ. Араб моцӏалъ гьелъ лъихъаниги коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац босичӏо. Гьебин абуни, нижее кӏудияб кумек буго. Щибаб хъизамалъ цебе моцӏрое 150-180 доллар кьезе кколаан.\nШагьабудин Озден, жамгӏияв хӏаракатчи (Турция)\nЦин 12 марталда ункъо-щуго чи хвана гьанив гьеб унтуца. Хадуб къойидаса къойиде байбихьана гьезул къадар цӏикӏкӏине. 31 марталдехун хвана 243 чи.\nТӏоцебе гьаб унти байбихьидал, гӏемер квалквал букӏинчӏо. Гьанже 65 соналдаса тӏадехун ригь бугел гӏадамал къватӏире рахъине гьукъун буго.\nХӏалтӏулел бакӏал гӏемерисел къан руго. Машинаби, гуми, самолетал чӏун руго. Къватӏире рахъарал гӏадамазул, унти бугищали, цӏа-кан борцуна.\nГьаниб магӏарулазул, дагъистаниязул хварав чи вугилан рагӏичӏо. Цо моцӏидасан гьаб унти танкилилан абураб бугоха хабар.\nРайгьанат Мухтарова, гостиницаялъул хӏалтӏухъан (Франция)\nКарантин лъугӏизегӏан, рокъо-рокъор чӏун руго гӏадамал. Къватӏире рахъине бегьула гӏицӏго кванил нигӏматазда хадур тукаде, дараби росизе аптекаялде, дагьабго заманалъ гьой тира-сверизабизе. Амма кодоб букӏине кола нилъерго цӏаралги, адресги, рокъоса къватӏиве вахъараб заманги хъвараб кагъат. Гьеб низам хвезабуни, 200 долларалъул гӏакӏа къотӏула. Карантин\nгӏад-хочӏ гьабулев, гьелъул сан гьабиларин лъугьарав чи лъагӏалица туснахъ гьавизецин рес буго.\nХӏалтӏиги рехун тун рокъор чӏезе ккарал чагӏазе гьезул харжал рецӏула: 30 процент — пачалихъалъ, хутӏараб – хӏалтӏулеб бакӏалъул хважаинас.\nТалихӏалъ, дир сверухълъиялда ругел чагӏазда гьоркьов цониги гьечӏо гьеб вирусалъ унтарав чи.\nКин батаниги, гьеб буго цӏакъ нилъеца цӏодорлъи гьабизе ккараб иш. Гьединлъидал, рокъоса къватӏире рахъинчӏого чӏун лъикӏ. Карантин цӏунизе ккола, гьеб гӏадада лъазабураб жо гуро.\nМарям, (Египет)\nДаимго хъудулеб Египеталъул тахшагьар Каир гӏажаибго буго гьал къояз. Гьениб дица бараб 26 соналда жаниб, гӏицӏго гьанже рагӏизе лъугьана хӏанчӏазул хӏайранал бакънал.\nНижер гьаниб карантин лъуралдаса кӏиго анкьниги буго. Къад щуго тӏубазегӏан гурони изну гьечӏо тукабазде, аптекабазде ине. Амма, маскаби гӏолел гьечӏолъиялъ, гӏемерисел гьелги ххечӏого хьвадула.\nЛъималазги цӏали гьанже рокъобго гьабула. Амма тренировкабазде хьвадун ругьунал дир васазе дагьаб захӏмат бугоха къватӏире рахъинчӏого чӏезе.\nГьединлъидал росас гьезие рокъоб гьабуна гьитӏинаб спортзал гӏадаб бакӏ.\nКарантиналъул заманалда къойилгогӏадин нилъерго магӏарул квен гьабула. Гьединго гьабула якьад-вакьадас малъараб гӏарабазул квенги. Дир рос гӏарабав вуго.\nКакалги гӏадамаз, мажгитазде инчӏого, рокъорго ралел руго.\nДир бухьен буго Дагъистаналдаса рачӏарал руччабазулгун. Гьезда гьоркьов унтарав чи гьечӏо.\nАлександра Гармажапова, журналист (Чехия)\nЧехиялда гӏумру гьабулел гӏадамаз гьеб коронавирус рикӏкӏуна унго-унголъунги инсанияталъе хӏинкъи бугеб унтилъун.\nТӏоцебесеб кӏиго анкьалъ Прагаялда гӏадамал кутакаб гӏадлу-низамалда рукӏана: къанагӏатги вихьулароан къватӏиве вахъарав чи, нагагь рахъаниги, тӏад маскабиги ххун гурони рахъунароан. Законалда рекъон, маска ххезе ккола. Гьеб босизе щвечӏони яги букъизе бажаричӏони, шарфниги жемизе ккола гьурмада.\nАмма, зама-заманалда къватӏир свердулел рукӏунел дир гьудулзабаз бицухъе, маскаби ххечӏогоги хьвадулел рагӏула шагьаралда гӏадамал. Чӏалгӏун ратилаха гьезда маскаби. Дунни кидаго рокъой йикӏуна ахираб заманалда.\nКъанагӏат гурони тукадецин унаро. Къватӏиб полицияги бихьуларин бицуна гьалмагъзабаз. Амма дида лъалей цо ясалъ хъвалеб бугоан, эркенго хӏухьел цӏазелъун, жинца маска дагьаб гӏодобе цӏайдал, хъата-масан жиндир хьолбохъ эхетанила полиция.\nТалихӏалъ, гӏакӏа къотӏулеб гьечӏо гьез, малъа-хъваял гьарун гурони.\nТукабазде рачӏарал гӏадамазги, цересел анкьаз гӏадин, цоцазда гьоркьоб 1,5-2 метралъул манзил толеб гьечӏоан. Амма Лондоналда, Нью-Йоркалда, Берлиналда гӏадаб, къайиялъе гӏоло дагӏба-къец гьаниб букӏинчӏо.\nЧехия жиндир заманалда хӏадурлъана гьеб унтуда данде чӏезе. Дармилгун рекӏелгъеялъул бакӏал, фитнесс-клубал къана, киналго тӏамуна маскаби ххезе, метроялда жанир дезинфекторал лъуна. Гьединлъидал Европаялъул цогидал улкабазде дандеккун, гьанир унтарал дагь руго.\nАмма кватӏичӏого гьаниб баккизе буго цойги масъала-туристазул къадар гӏодобеккей. Аслияб куцалда туристаздалъун бетӏербахъи бугеб бакӏлъидал гьаб, церехун рехсаралщинал бакӏалги къан, даранчагӏазе кутакалда зарал ккана."}
{"slug": "7784-ansi-shagaralda-zhak-a-bugeb-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7784-ansi-shagaralda-zhak-a-bugeb-khial", "title": "Анси шагьаралда жакъа бугеб хӏал", "date": "2020-04-10 09:52:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ума Хӏайбулаева, Франциялъул Анси шагьар\nКарантин нижер шагьаралда байбихьана 16 марталда ва кутакалда цӏунулел руго рихьизарурал тӏалабал.\nКъватӏахъ къанагӏатги чи вихьуларо, киналгоязде гӏунтӏун гьурмада маскабиги ххун хьвадулел руго.\nАптекабазда къанагӏалъун руго маскаби ва захӏматаб хӏал буго дезинфекциялъе хӏажалъулел сурсатазул рахъалъ. Маскаби рокъо-рокъор жидецаго гӏадамазги рукъулел руго. Мисалалъе, 13 сон барай дир яс Шугӏайнатицаги рукъула гьел ва мадугьалзабазе рикьула.\nНижер Анси шагьаралда, газетазда хъвавухъе, цо чи хунги вуго, лъебергояв унтунги вуго.\nИмбирь ва лимон нижер гьаниб хиралъичӏо. Дунялалдаго бищун хирияблъун рикӏкӏунеб Франциялда жакъа имбирь бичулеб буго 110 гъурщиде килограмм гьабун. Захӏматаб заманалъ яги Рамазан моцӏалъ гьанир багьаби эхеде рахунаро.\nКъаси-къаси, сагӏат микьго тӏубараб мехалда, ниж- киналго мадугьалзабаз, рагъидеги рахъун, баркала кьун, хъат чӏвала, гӏадамазул сахлъиялъе гӏоло къеркьолел тохтурзабазегун медсестрабазе.\nТохтурзабаз электроннияб почалдаса нижехъего ритӏарал рецептазда рекъон аптекабаздаса росула\nдарабиги.\nКарантиналъул тӏоцересел къоязда дагьа-макъалго захӏмалъаби рукӏана кванил нигӏматазул рахъалъ, гьанже кинабго лъикӏ буго.\nХириял, дир ватӏанцоял-дагъистаниял! Гьаб тӏолазего захӏматаб заманалда дица нужее гьарула щулияб сахлъиги, рекӏелъ гъваридаб иманги, цоцадехун кӏудияб адаб-хӏурматги.\nЦӏакъго хӏажалъи гьечӏого къватӏире рахъунге, цӏуне нужго!"}
{"slug": "7788-rok-ob-bukiun-bugeb-l-iki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7788-rok-ob-bukiun-bugeb-l-iki", "title": "Рокъоб букӏун бугеб лъикӏ…", "date": "2020-04-10 10:58:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рокъоб букӏун бугеб лъикӏ…\nКарантиналъул пайда: коронавирусалъ «туснахъ гьаруразул» пикраби ва нилъ.\nКоронавирусалъ тӏубанго хисизабунин абизе бегьула нилъер респу-\nбликаялда жамгӏияталъул гӏумру. 28 марталдаса байбихьун пачалихъи-\nялги пачалихъиял гурелги хӏалтӏул бакӏал заманаялъ къан руго. Шко-\nлазда ихдалил каникулал халат гьарун руго 12 апрелалде щвезегӏан.\nХӏалтӏулел руго гӏицӏго чара гьечӏого хъулухъ тӏубазе кколел идараби.\nГӏадамазда лъазабун буго къватӏире рахъунгеян. Гьеб низам дагьабги кьваризабуна арбагӏ къоялъ, 1 апрелалдаса байбихьун. Цӏакъго хӏажалъи ккун гурони рокъоса къватӏире рахъине бегьулеб гьечӏо. Кванил нигӏматал ричулел хутӏун, хутӏарал киналго тукаби къан руго. Тахшагьарги саламатго чӏобоголъун буго.\n28 марталдаса байбихьун рес бугев чи, ахӏвал-хӏал гӏодоцинегӏан, магӏарухъе гочана. Социалиял сетазда, ватцапгун инстаграмалде рехун рачӏунелщинал видеоялгун аудиоял хурхарал руго гӏаммаб унтиялда.\nГӏемерисезул ццим буго, карантиналъул низамги хвезабун, къватӏал сверулел ругел чагӏазда. Бицунеб хабаралда рекъон, аслияб куцалъ гьел кколел руго гӏолохъаби. Динияб идараялъги, республикаялъул нухмалъулев В. Васильевасги, тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевасги гӏадамазда гьарулеб буго рокъор чӏайилан.\nНижеца хӏукму гьабуна жакъасеб номералда карантиналъ рокъоре къотӏарал гӏадамазул пикраби кьезе. Щиб гьезда халлъараб гьал къоязда жаниб, кинал пикраби гьаризе тӏамурал ва сунца рахӏат хвезабун бугеб?\n«Махачкалинские известия» газеталъул мухбир Бэла Бояровалъ гьадин бицана жиндирго бугеб хӏал-хӏукмуялъул хӏакъалъулъ:\n— Дида ккола карантиналъул кумекалдалъун лъикӏго хӏухьбахъи гьабизеги, хъизан-лъималгун заман тӏамизеги рес щванин абулел гӏадамал къо бахъанагӏан дагьлъулел ругилан. Щайгурелъул (рачӏанилъеца битӏаралда битӏарабин абизе) карантин гӏезегӏан захӏматаб жо батана, хӏисаб гьабураб мехалъ.\nГӏадамалгун журан, гара-чӏварун рукӏараб къагӏида лъугӏи гуребги, гьелъ гӏемераб жоялъе квекӏенал гьаруна нилъее. Хӏисабалде росун рукӏарал ишал, сапарал, ракӏалда рукӏарал мурадал хӏурудахъ ана, цебе букӏараб чӏара-хьараб гӏумру гьечӏо. Ракӏ гӏодобе биччазабулеб буго гьеб кинабго заманалъ бугеб жо кколин ва кватӏичӏого лъугӏилин абураб пикруялъ.\nБайбихьуда абун букӏана карантин 5 апрелалде щвезегӏан букӏине бугин, амма дида кколеб буго гьеб жеги халат бахъинин.\nРокъой дун йиго ругьунал пишабазда. Хӏалтӏулей ва цӏалдолей йиго интернет-бухьеналъул кумекалдалъун. Цадахъго хал ккола лъугьунеб-толелда хадуб, батӏи-батӏиял экспертазул гара-чӏвариязухъ, теле-передачабазухъ ялагьула. Дагьай цеегӏан ялагьун йикӏана киназдаго лъалев Украинаялдаса тохтур Комаровскиясул гара чӏвариязухъ.\nЦогидаздаги абизе бокьун буго гьединал гара-чӏвариязухъ, цӏиял харбазухъ гӏенеккейин, хадуб хал кквейилан. Месенджеразде рехун рачӏунел щибго гурел чӏандабазухъ гӏенеккиялдаса, гьезулго хайир буго жакъа нилъее.\nРеспубликаялъул фермеразул ассоциациялъул хӏалтӏухъан Раисат Гӏалиевалъ гьадин тӏамулел руго карантиналъул къоял:\n— Битӏараб бицани, гьелъие къимат кьезе жеги хехго бугин тана дица. Дидаго карантиналъул\nкьогӏлъи яги рокьукълъи жеги лъикӏаланго хъатӏичӏо, халат рахъарал гӏодоркъоязде гӏадин ругьунлъана гьелде. Дунго бетӏергьанаб минаялда гӏумру гьабун йикӏиналъ, дир рес буго гьеб заман пайдаяб куцалда тӏамизе. Рукъалда цебе бугеб бахчаялде уна. Амма гьенибги пикру\nгьабулеб буго къваридал квартирабахъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазул гьабсагӏат батизе бугеб ахӏвал-хӏалалъулги. Хасго цоцазда жаниб лъикӏаб гуреб гьоркьоблъи бугел хъизамазе батила бищунго тӏагӏамхун. Хасго харжалъул бадире ралагьун рукӏунел, официалияб гуреб\nкуцалъ хъулухъалда ругел гӏадамазе цӏакъго захӏмат батилин ккола.\nДун рокъой яхчун чӏанин абизе бегьула жамгӏияб транспорталда гӏадамалгун дандчӏвачӏого\nйикӏиналъул мурадалда. Хӏалтӏудаса къваригӏарал документал росизеян сон ун йикӏана гӏагарав чиясул машинаялда. Шагьар бугоан чӏобоголъун, гьеб киналъго кьогӏаб асар гьабуна.\nГьединго цӏакъ кӏвар бугеб суаллъун дица рикӏкӏуна информациялъул сурсатаз хъван балеб бугеб\nрищни-къулалдаса цӏуниги цӏакъ хӏажат бугилан. Лъугьунеб бугеб ахӏвал-хӏалалъул цо дагьабниги\nбичӏчӏи щун буго жакъа гӏадамазе.\nГьединлъидал азарго нухалъ цого жо чӏамулел соцсетазда жанир къан рукӏиналъул магӏна бихьуларо. Карантинги цӏакъго чӏалгӏун, гьелдаса азун дун гьечӏо, рокъоб квер хъвазе жо гӏемер батула. Бищунго рахӏат хвезабун буго нилъерго медицинаялде ккезе бегьулин абураб пикруялъ. Гьединго хӏалтӏиги гьечӏого, тӏаде бачӏунеб гъурущги тӏагӏун хутӏизе бегьулин абураб пикруялъги\nтоларо рахӏат.\nЗарипат Гӏалимирзаева, Махӏачхъалаялдаса лъабго лъимадул эбел:\n— Рокъоб батӏаго квеш гьечӏо.\nТӏагӏамаб квен-тӏех гьабизе, гӏорцӏизегӏан кьижизе рес щванин абизе бегьула, рокьулел кинофильмазухъ ралагьула. Амма кин букӏаниги, лъималазда чӏалгӏун буго рокъор\nчӏезе ккей.\nГьаб кинабго махсара гуреблъи лъала, амма гӏадамаз щай гьеб гӏадахъ босуларебали бичӏчӏулеб\nгьечӏо. Гӏабдалзаби гӏадин цере ккараб бакӏалде уна, унгеян хитӏабал гьарун ругониги. Жалго сабабалъун цогидазулги сахлъиялъе зарал ккезе букӏиналде щай гьел ургъуларел?\nГьеб киналъго ццим бахъинабичӏого хутӏулеб гьечӏо.\nМухӏамад Лабазанов, «Дагъавтодор» гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъан:\n— Дир пикруялда, карантин лъазаби цӏакъ битӏараб хӏукму буго, батӏияб нухалдалъун гурони, гьеб гӏузру (коронавирус) бергьинеги кӏолеб батуларо. Амма нилъер гӏадамазул гьелдехун цӏакъ агъаз гьечӏеб бербалагьи букӏинги бихьулеб буго. Хӏинкъи букӏиналъухъ балагьичӏого, гӏемерав\nчи вуго къватӏахъ. Хӏатта, маршурткабазда, тукабазда хӏалтӏулел гӏадамаз гӏадатиял маскаби ххунцин цӏуна-къай гьабулеб гьечӏо. Гьездасан унти цогидазде бахине рес бугелъул\nДун сабруги гьабун рокъов вуго.\nРес щвани, магӏарухъе ина гьаб кинабго гӏодобцинегӏан. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, черхалъе рахӏатги гьабун сабруялда рукӏине лъани, цӏакъал гӏадамал рукӏинаан нилъ. Аллагьас гьадин хъван букӏун бугоха, щиб гьабилеб?\nМахӏач Мусаев, ДНЦялъул археологиялъулгун этнографиялъул гӏелмияб институталъул нухмалъулев:\n— Щибаб лъугьа-бахъиналде дун балагьула гӏелмияб рахъалъул кьучӏалдасан.\nКарантиналъул заманалдаги дида, тӏоцебесеб иргаялда, халлъараб жо ккана, онлайн-низамалда\nлъай кьезе бокьараб къапилаялъул хӏаракат цӏикӏкӏин. Гӏадатияб куцалда кьолеб букӏараб лъай гьелъ хисизе рачӏайилан лъугьун буго цо хасаб къокъа. Амма дица рикӏкӏуна онлайн-низамалда кьолеб лъаялъ киданиги хисуларин классикияб лъаялъул пайда. Мугӏалимасулги цӏалдохъанасулги битӏахъегояб бухьен гьечӏони, кинаб дарс гьеб букӏунеб?\nОнлайн-низамалда кьолеб лъаялъул руго жиндирго лъикӏал рахъал, гьеб учузго чӏола пачалихъалъе.\nКъогоги лъебергоги мугӏалимасе харж кьезе кколаро, цо вугониги гӏола. Гьебги хӏисабалде босун,\nбугӏулеб буго гьанже гьеб къагӏида.\nАмма гьеб къагӏида хӏалтӏизе биччани, гӏемерал школал къазе руго магӏарухъ. Школал къай абуни кола росаби чӏунтиялъе ругел тӏоцересел галабазул цояб.\nЖибго хас гьабун карантиналъул бицани, гӏемерисев чиясда бичӏчӏун гьечӏо гьелъул бугеб хӏинкъи. Хасго магӏарулал цӏакъ тӏаса-масаго ралагьулел руго гьелде. Ракӏалде кколеб буго дун унтани сахлъилин, сахлъичӏони, Аллагьасул къотӏи гьединаб букӏун бугин, щиб гьабилебилан. Амма гьезда бичӏчӏулеб гьечӏо цо чи унтани, гьесдалъун тӏубараб шагьаралдего гьеб бахине\nбегьулеблъи. Гьединлъидал дирго хӏалтӏухъабазда дица абуна, щивав батӏаго ахӏун, дурго сахлъиялъул ургъел дуе батичӏони, дурго гӏага-божаразул сахлъиялъулниги ургъел гьабейилан. Киназулго гурелъул щулияб иммунитетги сахлъиги букӏунеб. Мун сабаблъун дур гӏага-\nбожарал унтани, гьеб дур яхӏалда тӏад букӏинесеб мунагь бугилан бичӏчӏизабуна щивасда.\n***\nГьадин буго шагьаралда ругезул хӏал-хӏукму. Магӏарухъ хисараб жо гьечӏин абизе бегьула.\nГӏадамал ругьунаб ишалда, ихдалил хӏалтӏабазде руссун руго. Амма бугониги, мугӏрузул щибаб мухъалдаги коронавирусалде данде къеркьеялъул тадбирал лъазарун руго."}
{"slug": "7793-motsirokh-gi-balagun-biarab-roki-khabar-akhimad-chinar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7793-motsirokh-gi-balagun-biarab-roki-khabar-akhimad-chinar", "title": "Моцӏрохъги балагьун биараб рокьи (Хабар) Ахӏмад ЧИНАР", "date": "2020-04-10 13:31:34", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Нилъер тарихалъул тӏу-тӏурал тӏанчал»\n«Рилълъинищ Туркалълъ, нилъер магӏарул\nГӏасру къватӏиб бараб наслу бихьизе.\nГьабиларищ сапар Истамбулалде\nИнсул Ватӏаналъул бутӏа цӏехезе.\n…Нилъер тарихалъул тӏу-тӏурал тӏанчал,\nТӏолго кӏвечӏониги данде рачине.\nМиллаталъул унти чорхолъ бессарал\nВасазухъ балагьун нахъе руссине…»\n(М. Хӏамзаев)\nЗахӏматал соназ чияр ракьалде гочарал нилъер миллаталъул наслаби — гӏажаибаб рекӏел бухӏи, батӏияб цӏцӏай букӏуна гьезухъе щвезе.\nХӏикматаб пашманлъиялъул асар гьабулеб бакъан рагӏана дида 2015 соналъ Яловаялде, Туркиялъул магӏарулазухъе гьоболлъухъ щведал. Кавказалдаса гочун Туркиялъул ракьалде рачӏунел умумул ракӏалдещун гьеб бакъан хъван бугоан дунялалъул гӏемерал фестивалазда гӏахьаллъарав, Америкаялъулгун Израгӏилалъул ракьалда Кавказалъул бакънал рачарав искусствоялъул машгьурав гьунарчи Хӏажимурадица.\nЧеркессазулгун би жубарав вугониги, живго дагъистаниявлъун рикӏкӏунев Хӏажимурадил гъасда гьеб къоялъ данделъараб магӏарул наслуялъул горсвериги, рукъалъул хважаинас аргъаналда бачунеб пашманаб бакъаналъухъе киназго бацӏцӏунеб магӏуги дие кӏочонареблъун хутӏана.\nГьединго рекӏелъ къан хутӏана Стамбулалда дандчӏвазе вачӏарав магӏарул наслуялъул гӏолохъанчи\nШамилгун некӏсияб шагьаралъул тарихиял бакӏазда хьвадулаго букӏараб гара-чӏвари. Умумузул мацӏ, тарих лъазабизе гьес бахъулеб хӏаракаталъул батӏаго биине мустахӏикъаб буго. Гьаниб къокъго абила — Шамилица пикру гьабулеб буго умумузул рухӏияб бечелъи цӏуниялъе квербакъулев, Туркиялда бугеб магӏарул миллат данде бакӏарулев, жинда сверухъ гьел гъунки-\nзарун бажарулев цевехъан гьечӏолъиялъул. Гьединав чилъун гӏолохъанчиясда вихьулев вуго Туркиялъул цо провинциялъул губернатор, магӏарулав Ахӏмад Чинар.\nЦоги пашманаб асар гьабуна Анкараялда гӏумру гьабун ругел дир гьудулзаби Яшарил ва Асиятил рокъоб цӏалараб хабаралъ. Туркиялъул магӏарулав, кӏудияв хъулухъчи, шагӏир ва хъвадарухъан Ахӏмад Чинар рагӏун вугониги, гьес хъварал асарал цӏалун рукӏинчӏо\nжеги. Гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас турк мацӏалдаса буссинабураб гьаб хабаралъул цӏализе бакӏлъулеб цо чанго предложение дагьабго къачӏа-кӏатӏана. «Меседо» абураб харбида букӏараб цӏарги «Моцӏрохъги балагьун биараб рокьи» абун хисизабуна. (Ахӏмадица гӏайиб гьабизе батиларо, магӏна хвезабун гьечӏелъул).\nПатӏимат Гьитӏинова\nМоцӏрохъги балагьун биараб рокьи (Хабар)\n1864 соналъул их букӏана. Дагъистаналъул тӏогьгӏан тӏадегӏанаб ва къадруяб Гъуниб мегӏералъул каранда, квер бегьун моцӏрохъе щолеб борхалъуда парахалъараб Гъуниб росулъаги гӏадамал ватӏан тун рикӏкӏаде гочунел рукӏана.\nМеседо ва Мухӏамад – рокьул цӏураб кӏиго ракӏ! Мугӏрузда гӏурусаз кверщел гьабиялъ ва ватӏан тун гочине ккеялъ лъугьинабураб пашманлъиялъул асар баян гьабизе захӏмат букӏана. Мухӏамад нахъисеб къоялъ жиндирго гӏагарлъи-кулпатгун цадахъ Гӏусманиязул ракьалде гочине хӏадурлъулев вукӏана. Сардил цӏураб моцӏги, квер битӏун босизе кӏолеб гӏадин, Меседол гьумер кинигин гвангъун букӏана.\nЦинтӏаго вукӏараб бакӏалдасаги векерун Меседол кӏалтӏе щун ватана Мухӏамадида живго. Кавуда\nкӏутӏизехъин гьев вугеб мехалъ, мажгиталъуса рокъове вачӏунев Меседол эмен гӏалимчи Гӏабдурашидги тӏаде щвана. Гьез цоцазе салам кьуна. Къаси мех букӏиналъ, Гӏабдурашидида\nМухӏамад лъачӏо.\n– Дун Мухӏамад вуго, Гӏабдурашид! Жаватханил вас! — ин абуна гӏолохъанчияс.\n– Мухӏамад! Жаниве вачӏа, дир вас, — ин абуна Гӏабдурашидица.\n– Дун жаниве лъугьинарин гьанже. Къо-мех лъикӏ гьабизе вачӏун вукӏана, гьабизе жо гӏемераб буго.\n– Нужер хъизанги унеб рагӏулаха… Нух битӏаги, дир вас, — анги абун: «Патӏимат! Меседо!» — ян ахӏдана гьев.\nЦин Меседо ячӏана къватӏие, хадуй гьелъул эбел Патӏиматги яккана.\n– Мухӏамад вуго нилъергун къо-лъикӏ гьабизе вачӏун, — ин абуна Гӏабдурашидица.\nПатӏимат гӏодизе лъугьана. Гьей Мухӏамадида къочана… «Аллагьасул хӏукму, къадар буго гьаб, дирвас. Цоцазе дугӏа гьабизин», — ан гьелъ абулаго, Меседо, моцӏрол канлъухъе рахчун риччарал бералгун, сихӏкъотӏун кавудухъ яхъун чӏун йикӏана. Жанисан тӏолабго гӏаламалъе нагӏанаги кьолаго: «Нилъги рилълъинин, дада!» — илан ахӏизе бокьун букӏана гьелъие.\nМеседое жиндирго рокьиги рагьизе бокьун, рес къотӏун вукӏана Мухӏамад. Цо лахӏзаталъ моцӏрода бер чӏвана гьесул ва гьелъул нуралъ тавакаллъи бижизабуна гӏолохъанчиясулъ.\n– Гӏабдурашид, Меседода абизе бокьараб цо жо буго дир, дуца изну кьуни…, — янги абун, жалго цохӏо ругеб бакӏалда гьейгун кӏалъазе изну гьарана гьес ясалъул инсудаса.\n– Лъикӏ буго, дир вас. Аллагьас нилъее киназего кумек гьабеги, — янги абун, гьев Патӏиматгун цадахъ рокъове ана.\nМухӏамадица хӏасратго абуна ясалда:\n– Дун росу тун унезда гьоркьов вуго, мунин абуни хутӏулезда… Тӏасалъугьа,Меседо.\n– Дун тӏасалъугьарай йиго… Мунги тӏасалъугьа…, — ян захӏматго гурони абизе кӏвечӏо гьелда.\n– Нилъеца нилъерго къадруялъе гӏоло бажаранщинаб гьабунаха. Гъалбацӏ цӏакъ бахӏарчияб хӏайван буго, амма жибго цохӏо букӏиналъ, тӏаде бачӏараб рехъадаса къуна гьеб.\nГьаб гьайбатаб улкаялда, гьабун бертингун, мунгун кьурдизе кигӏанха дие бокьилеб букӏараб. Нахъегӏанав тушманасе нагӏана батагиха…\nСихӏкъотӏун чӏана гьел дагьаб мехалъ, ва хадуб васас абуна:\n– Гьаб сордоялдаса байбихьун, щибаб сордоялъ моцӏрохъ ялагье мун, Меседо, дунги валагьила гьелъухъ, — ан.\n– Щибаб сордоялъ ялагьила…, — ян гӏодилаго абуна гьелъ.\nРогьел гӏагарлъулаго, гъугъайгун цадахъ пирхараб пириялъ гвангъизабураб сардилъ, зодил кӏамури бихъ-бихъизабун, цӏваби инсанасде тӏаде рортизехъин ругеб гӏадаб асар лъугьинабуна. Тӏаде чваххун бараб цӏадгун цадахъ дуниял-гӏалам гӏек-гӏекун гӏодилеб бугилан кколеб букӏана.\nГочун унез нух босараб мехалъ, гӏодулел гьаркьаз зодил гъугъайгицин къинабулеб букӏана…\n…Цоял ракъдадасан, цогидал ралъдадасан – аза-азар чи гочун унев вукӏана гӏагарал росаби тун.\nГӏемерисел Гӏусманиязул ракьазде унел рукӏана. Гочунезул бащалъиялдаса цӏикӏкӏарасел нухда хвана.\nГӏусманиязул пачалихъалъ Кавказалъул халкъал, вацал гӏадин, къабул гьарулел рукӏана.\nКавказалъул халкъал пачаясул Россиягун цӏидасан рагъулел рукӏана. Гьеб рагъулъ Гӏусманиязул\nулкаги гӏахьаллъула.\nИмам Шамилил вас Гъазимухӏамадил чӏужуялъул вац ва Гӏусманиязул пачалихъалъул генералзабазул цояв, «Гӏиракъалъул Фатихӏ» абун цӏар щварав Мухӏамад Фазил-пашал аза-азар кавказалъуласдаса гӏуцӏараб «Дагъистаналъул полкалда» вукӏана, щибаб сордоялъ моцӏрохъ валагьун, жиндирго Меседоде дунялалда бищунго хӏасратал кучӏдул ахӏулев Мухӏамад абун цо бахӏарчияв капитан.\nГьеб букӏана 1916 сон. Багъдад шагьар цӏунулеб рагъулъ аскаралъул бетӏералда, бищун цебесеб кьералда вагъулев вукӏарав Мухӏамад Фазил-паша, тушманасул гуллаги щун, шагьидлъула.\nГьеле гьеб, жиндирго командир шагьидлъараб рагъулъ, лъукъула Мухӏамадги. Дунялалъул бецӏлъигун цадахъ моцӏги битӏахъе Мухӏамадил каранда тӏад бихьулеб букӏана. Гьеб букӏана цӏураб ва цӏакъ гвангъараб моцӏ. Гьимулаго, гьес абуна: «Щукру буго дуе, Бетӏергьан Аллагь», — йилан.\nМухӏамадида лъалаан жив холевлъи. Къаданив чӏун вукӏарав Закаталаялдаса Хӏамзатида гьес гьарана жив цо кьурухараб бакӏалдехун вачеян: гьедин гьев Меседоде жеги гӏагар вукӏине вуго. Захӏматго рагьарал бералгун моцӏрохъ валагьулаго, рекӏел гъварилъиялдаса гӏицӏго Меседода\nгурони рагӏизе кӏолареб гьаракьалъ гьес абуна: «Лъикӏго йикӏа, Меседо! Моцӏролаб дир гьумер, дир сардазул гъвангъи!» — ян.\n…Меседоги щибаб сордоялъ, рукъалъул тӏохдеги яхун, моцӏрохъ ялагьун йикӏунаан. Гьелъул бадиса чвахулеб магӏудулъ гвангъараб цӏа инагьдилеб бугеб рекӏеде тӏинкӏулеб букӏана.\nЛъиданиги щибниги жо бицун букӏинчӏо гьелъ жиндирго вокьулесул хӏакъалъулъ. Ахиралдаги каранзул унти ккана Меседода.\nЯсалъул рокьи бичӏчӏарав кӏудияв гӏалим Гӏабдурашидица гьей, Мухӏамадидаса ятӏалъичӏого йикӏине гӏоло, щибаб сордоялъ кодой ккун, тӏохде йосулаан ва моцӏрое кьолаан.\nРокьуца къоялдаса къоялде загӏиплъизаюлей йикӏарай Меседое дугӏаби гьарулаго, живгоги тӏагӏун\nлъугӏулев вукӏарав Гӏабдурашидица, гьеб сордоялъги Меседо захӏматго йосана тӏохде.\nЯсалда бичӏчӏулеб букӏана жий холей йикӏин ва гьеб сордоялъ инсул кверал риччачӏо гьелъ. Моцӏги ккуна гьеб сордоялъ.\nЧӏечӏого Меседое дугӏаби цӏалулев вукӏарав Гӏабдурашидида ахирги бичӏчӏана ясалъул кверал загӏиплъараллъи.\nГьелъул кверги биччачӏого, бецӏаб, ахир гьечӏеб зодовеги валагьун, гьес шурана: «Ле, тушманав залим, ле, ахӏмакъ, нижер щивав дур тӏолабго аскаргун вагъулев вуго ва нижер щивав дур гьеб\nтӏолабго аскаралдаса бахӏарчиявги вуго. Ле, хъурумсахъ! Кӏудияб дунялалда нижее щвараб дангъургӏанасеб ракь ва нижее гӏоло дунялалдаса дагьабги къиматаб ватӏан Кавказ – гьебги нижер кодоса бахъизе гӏоло гьабгощинаб зулму гьабуна дуца.\nЦогояб ракӏлъун рукӏана ниж, гьебги аза-азар бутӏабазде бикьизабун, дунялалъул ункъабго рахъалде щущазабуна дуца. Дуца ниж лъугӏизаризе гьечӏо ва цохӏого цо чи хутӏанигицин, нижеца Кавказ я дуе, я батӏиязе кьезе гьечӏо. Ле, хӏалихьат! Тӏолабго дунял дур бугонигицин, Меседол багьаяб букӏинадай гьеб?»"}
{"slug": "7808-talikhi-k-un-k-oroll-araj-k-o-bukhiun-besdall-araj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7808-talikhi-k-un-k-oroll-araj-k-o-bukhiun-besdall-araj", "title": "Талихӏ къун, къороллъарай, къо бухӏун, бесдаллъарай", "date": "2020-04-13 05:25:25", "categories": ["insan"], "text": "Цо-цо чагӏи рукӏуна гӏумруялъ талихӏ кьечӏел, щиб гьабизе лъугьаниги данде билълъунарел, ай гӏакъубаялда хадуб гӏазаб камуларел. Гьедин ругониги, гьезул сабру гӏола щиб бихьаниги хӏехьезе, Аллагьасе щукру гьабун, лъиданиги хӏал лъазе течӏого гӏумру гьабизе. Гьединаб яхӏги бахӏарчилъиги бугезул цояй йиго Шамил районалъул Гьентӏа росулъа Мухӏамадова Патӏиматги. Гьелъул эбелалда цӏар букӏана Кусум ва гьелъги батила, Патӏиматида росуцояз Кусумиле абулебги.\nДоб букӏана, хӏукуматалъ зулму гьабун, чачанал Гьоркьохъеб Азиялде гочинарураб 1944 сон. Чӏороголъарал чачаназул росабалъе, хӏал гьабун, магӏарул росабазул гӏемерал жамагӏаталги гочинаруна. Рагъул соназда магӏарул росабалъ гӏемерисел чӏахӏ кванаялде ккун рукӏана. Жанир чӏезе рукъзалги, бокьараб жо бижулеб беэнаб ракьги бугеб Чачаналде гочине бокьарав чиясе рес бугин абун хабар тӏибитӏун букӏана. Гьенир хӏалтӏизе кверал къваригӏараб хӏукуматалъги жидеего бокьун гьенире гочунел чагӏазе гьабулеб кумек камулароан. Бетӏербахъизеян, ракъуца хвеялдаса рорчӏиялде хьулгун, мискинлъиялъ тату хвезабураб, язихълъиялъилагьи бегизабураб Гьентӏа росдал ункъо хъизан Чачаналде гочана. Гьезда гьоркьоб букӏана Хӏамзатилазул хъизамги.\nКӏудияб хъизамалъул эбел Кусум колхозалъул дояркалъун хӏалтӏизе лъугьана.\nЧачаналда букӏунеб багӏариги, батӏияб гьаваги, лъимги, магӏарухъ дандчӏваларел унтабиги хӏехьезе кӏвечӏого, магӏарухъа рачӏарал гӏемерал гӏадамал гьенир хвана. Гьенире щун гӏемер заман балелдего, сунс унтиги бахун, цо анкьил болжалалда къадаралде щвана Кусумги, гьелъул лъабайго ясги васги. Гьел къояз тӏуянго бесдаллъарай, ай цохӏо жийго хутӏарай Патӏиматица 12 сон бан букӏинчӏо. Янгъизлъиялда гӏакъуба-гӏазабги хӏехьон, гӏумру тӏамизе хъван батана пакъиралъ.\nЗаманалдасан ясалъ, эбелалъго гьабулеб букӏараб дояркалъи тӏаде босана.\nАмма, гьелъул тӏалаб-агъаз гьабулев чи Чачаналда хутӏичӏолъиялъ, Гьидалъе унел чагӏазда цадахъ Патӏимат росулъе тӏадюссана. Росулъги бесдал яс хьихьизе ресалда вугев, гьелде регӏарав чи щивха вукӏинев? Гьелъул цо вугев вацгӏал Гӏабдукъадирги Махӏачхъалаялда хӏалтӏулев вукӏана.\nЦого-цо йигей яцгӏал Гӏалитӏиматги мискинлъиялда йикӏана. Амма, жийго мискинаб яшавалда йигониги, гьелъ Кусумилалъе бажарараб кумек гьабичӏого толароан. Росулъе юссараб къоялдаса нахъе Кусумилалъ хьихьана колхозалъул бачал, гьелъул чӏаголъи-бажари бихьун, тӏамуна дояркалъун, гӏемерал соназ хӏалтӏизе ккана Кочубеялъул ракьалда бугеб колхозалъул хъутаналда. Кинаб хӏалтӏи тӏадкъаниги, щиб гьабизе тӏамуниги, кидаго гьей хӏалтӏул церехъабазул кьерда йикӏунаан. Щибаб байрамалда шапакъат кьун, колхозалъул правлениялъ кӏодоги гьаюлаан.\n«Аллагьас дие лъималги кьечӏо. Дунялалъул рокъоб кьечӏеб талихӏ, ахираталданиги щвелеб батилин абураб хӏалакъабго хьул буго дир», — ан зигардула Кусумиле мех-мехалда.\nПатӏимат йиго лъимерлъудаса нахъего Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталде машгъуллъарай гӏадан. Садакъа-вакъпуялъе гьелде вахарав чи росулъ цониги ккечӏо. Хӏайваналги хъун, гьелъ инсудасан, эбелалдасан, лъабайго яцалдасан ва вацасдасан садакъабиги гьаруна. Хадуб садакъа кьезе рес ккечӏого хварал эбел-инсул, вац-яцазул хвел-хоб тӏубазе рес щвеялдаса разиго йикӏуна Кусумиле.\nГьелъ кӏиго нухалда тӏубазабуна жийго хведал гьабизе кколеб хвалил садакъаги. Гӏакаги хъун, росдал гӏолохъаби балагьаздаса цӏуниялъеян ниятги гьабун, Кусумилалъ кӏудияб садакъаги бикьун, жамагӏаталъ зикруги бачана. Гьединабго тадбир тӏобитӏана Путиние халатаб гӏумру кьегиян Аллагьасдаги гьарун. Бахъухъгун чедги гордеялъе ххамги бикьун, лъабго соналъ тӏатӏалаго бачана зикру. Хӏебда ва Гӏасаб росабазул мадрасазда цӏалулел лъималазе чамалиго нухалъ битӏана гӏарац. Росулъ балеб букӏараб ва цӏигьабун къачӏалеб мажгиталъе гьелъ кьуна цо-цо моцӏрол пенсия. Гьединго гӏарац кьола гьелъ нухал къачӏаялъул, кьоял раялъул, лъим бачиналъул хӏалтӏабазеги. Кусумиле кидаго йикӏана ва жакъаги йиго мадугьалихъ гьуинай, къварилъиялде ккарасе кумекалъе хӏадурай, лъикӏлъиялъе гурони рагӏи бицунарей, къвакӏан мугъ бекуледахъ рачелги къан, гӏумруялъ хьвадарай унго-унгояй муъминчӏужу.\nМунагьал чураяв гьелъул вацгӏал Гӏабдукъадирица жиндирго лъималазде васият гьабун букӏана: «Патӏиматидаса цеве дун хвани, вореха, нужеца гьей рехун тоге», — ян. Росдал жамагӏаталъ баркала кьолеб хӏалалда Кусумилалъул тӏалаб-агъаз гьабулеб буго гьелъул гӏагарай гӏадан Хадижатицаги ва гьелъул вас Хӏамзатицаги. Дун гӏадин нужедаса Аллагьги разилъаги, дунялалъул рокъоб талихӏ кьун, ахираталда алжан кьун, Халикъас рохизареги. Чадикълъи бихьаниги, дида гӏадин, нужеда чидакълъи бихьугеги», — ян гьезие дугӏа гьабулей йикӏуна Кусумиле."}
{"slug": "7809-l-abtsiul-teze-kkana-rizharab-rosu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7809-l-abtsiul-teze-kkana-rizharab-rosu", "title": "Лъабцӏул тезе ккана рижараб росу", "date": "2020-04-13 06:53:06", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Борхатаб магӏарда буго Болъихъ районалъул Гӏалахъ росу.\nГьениса балагьани, хъатиниб лъураб гӏадин, цебелъун бихьула гӏагараб район. Цӏорорал иццазул, гьайбатаб тӏабигӏаталъул, бацӏцӏадаб гьава-бакъалъул, беричал рохьаз сверун ккураб, гӏажаибго берцинаб бакӏ буго Тӏасияб Гӏалахъ. Умумузул биценалда рекъон, гьеб росдае кьучӏ лъун буго Хунзахъ районалдаса бид виххун вачӏарав кӏиго вацас.\nГьез хӏукму гьабунила батӏа-батӏаго чӏезе: цояв чӏвани, цоявгӏаги чӏаго хутӏизе мурадалда. Халит абурав вац чӏун вуго цо кьурда аскӏов, хадуб гьениб лъугьараб росдада лъун буго Хелекьури абураб цӏар. Гӏали вахун вуго жеги эхедегӏан. Гьес лъун бугила Гӏалахъ абураб цӏияб росдал кьучӏалъе тӏоцебесеб гамачӏ. «Гьеб букӏана гӏумру гьабизе цӏакъ захӏматаб бакӏ. Гьединаб бакӏалда гӏумру гьабулел гӏадамазул букӏуна кьварараб, согӏаб гӏамал. Амма гьел рукӏуна цоцалъ гъункарал, ракӏ гӏатӏидал, гӏаданлъи цӏикӏкӏарал. Гьединал рукӏана дир росуцоялги», — ян бицана Хӏажимухӏамадова Шумайсатица. Гьей лъикӏай гӏаданалъул хӏакъалъулъ бицине бокьун буго дие.\nШумайсат гьаюна 1937 соналда Дибирхӏажил вас Хӏажимухӏамадил ва Хӏусенхӏажил яс Рабигӏатил хъизамалда. «Дир кӏудияв эмен Хӏусенхӏажил цӏар рехсон буго Дагъистаналъул цӏар арав гӏалимзабазда гьоркьоб. Лъелго кӏицӏул хӏеж борхарав чиги вукӏун вуго гьев», — ан абуна Шумайсатица. Гьелъ бицана нижее рагъул соназда букӏараб лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ. «Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалда дир букӏана ункъо сон, яц Умайдатил – кӏиго. Эмен ана рагъде. Колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи баччизе ккана эбелалъ.\nНижер, гьитӏинал чагӏазул, щиб кумекха гьелъие букӏинеб? Цо заманалда баккана хабар, гӏумру гьабизе захӏматал росаби Чачаналъе гочинарулел ругин абун. Хадуб, школалда, училищеялда цӏалулеб мехалда лъана дида, цо сордо-къоялда жаниб чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун, гьезул ракьазде ниж ритӏараблъи. Аскӏоб бугеб Хелекьури росдал жамагӏаталъ инкар гьабун буго чияр ракьалде ине, нижер росу абуни гочинабуна.\nЭбелги ниж кӏиялго лъималги, чол гьакида рекӏинарун, Гӏанди магӏарде щвезаруна яцалъул бетӏергьанчияс. Гьениб цо боцӏи хьихьулеб букӏараб бокьоб сордоги бан, нахъисеб къоялъ ниж щвезаруна Ведено районалде. Гӏумру гьабизе бихьизабуна гьеб районалъул Махкети абураб росу. Нижер хъизамалъе гьениб кьуна берцинаб мина.\nГьелда цебе букӏана цӏакъ бечедаб, батӏи-батӏиял пихъазул цӏураб ах.\nКуракул хутӏизегӏан, гьениб камураб гъветӏ букӏинчӏо. Минаялда жанире лъугьарабго бихьулеб букӏана рукъалъул бетӏергьаби цӏакъ хӏалтӏулел, рацӏцӏадал, узданал гӏадамал рукӏин ва гьел циндаго, хехго къватӏире рахъараблъи. Эбелалъ бищун цебе цо рокъобе бакӏарана гьезул къай-къоно. Кӏулги бан, рукъ рахана ва тӏокӏалъ гьенире жанире лъугьинчӏо.\nБакъанида эбелалъ кавуялъул кӏалтӏа чӏараб гӏакаги жанибе бачун, гьебги бечӏчӏун, нижее кваназе квен гьабуна. Бицунеб букӏана, цоязул бокьоб, бухьаралъубго хутӏараб боцӏуца хъарсун, руссун тӏагӏинабун бугилан. Маххул рахасалъ рухьарал гьезда къватӏире ине кӏун гьечӏо.\nЭмен рагъда вукӏана, нижеца цӏияб бакӏалда гӏумру гьабизе байбихьараб мехалда. Гьава-бакъги рекъараб, бечедаб, цӏакъ берцинаб бакӏ букӏана гьеб. Школалдеги гьенийго ана. Тӏоцевесев учителасда цӏар букӏана Латӏипов Лабазан.\nБищун рохалилаблъун букӏана эмен рагъдаса вуссараб къо. Гьитӏинай яц нуцӏида нахъа яхчун чӏун йикӏана, жаниве лъугьарав гьобол лъачӏого. Дун инсуда кодой йихьараб мехалъ гурони гьей аскӏое ячӏинчӏо. Ункъо сонги рагъда бан вачӏарав гьес бицунеб букӏана бихьараб къварилъиялъул, жиндирго гьалмагъзабазул, щварал ругъназул, бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьев вуссараб мехалда лъалаго бигьалъана нижер хъизамалъе гӏумру гьабизе. 1946 соналда гьавуна вац Шамхал. (Шамхал Дибиров – хадувккун гьев вукӏана цӏар рагӏарав поэт, журналист, хӏалтӏана батӏи-батӏиял жавабиял хъулухъазда). Школа лъугӏигун, цӏализе ана Хасавюрталде, медицинаялъул училищеялде. Гьениб лъана чачанал тӏад руссун рачӏунел ругеблъиги, нижер росдал гӏадамал рукӏахъего Гӏалахъе гочинарулел рукӏинги.\nГьитӏинаб къоялдаса ватӏанлъун лъугьараб росу рехун тезе бокьуларого йикӏана дун. Пашманго хьвадулей йикӏана эбелги. Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьабураб магӏишатги тун, рахъине колел рукӏана къватӏире.\nЦо къоялъ бакъанида нижеда лъаларел гӏадамаз рагьана каву. Азбаралде лъугьарал бихьиназ, цере квералги ккун, гьабулеб букӏана дугӏа.\nГьезда цадахъ рачӏарал руччабазул, лъималазул гӏодиялъ ниж киналго рокъоса къватӏире кӏанцӏизе ва хӏинкъизе гьаруна. Киналго гӏодоре риччараб мехалда лъана, гьел гьалбал рукъалъул бетӏергьаби рукӏин.\nЭбелалъги, чачаназул руччабазда цадахъ лъугьун, киназего гӏураб квен хӏадурана. Гьеб сордоялъ ниж киналго цадахъ, цо гъанситохъ гӏодорчӏун, кванана. Сордо рогьинегӏан эбелалъ нижерго ретӏел, къайи-къоно бакӏарун, тӏатӏала лъуна. Радал хехго вахъун, эмен ана нижерго къайи тӏад лъезе машина балагьизе. Нижеда тӏаса лъугьаян рукъалъул бетӏергьабаздаги гьарун, къалъилелде къокъана ватӏаналде.\nГьелгощинал соназ тӏаса квер бахъун тун, Гӏалахъ букӏараб мина чӏунтун, тӏатӏала ккун, жанире лъугьунеб куцалъ букӏинчӏо. Цониги тӏох тӏад бугеб рукъ хутӏун гьечӏеблъиги лъан, ниж рещтӏана Хелекьури гӏагарлъиялъухъ. Расги бигьаяб жо букӏинчӏо цӏидасан магӏишат гӏуцӏизе. Нижерго рокъоре хехго рахъине бугеб мурадалъ, ниж– гӏолохъанал яцал, вац рукӏунаан эбел-инсуе кӏвараб кумек гьабулел: лъим баччулел, хӏарщ багъарулел, бажарухъе гьеб къеда чӏвалел.\nХарибакӏазде сверун рукӏарал хурзал рацӏцӏунаго, цӏигьарулаго бихьана къварилъи. Доб заманалда росабалъ цӏакъ къанагӏат гурони букӏунароан техника. Гьединлъидал кинабго гьабизе кколаан квераз. Гьанжего-гьанже гӏолел ругел гӏолохъабазе гьеб расги бигьаяб хӏалтӏи букӏинчӏо. Къасиялде, гӏемер свакаялъ, кваназецин рахъине гьарулареланиян эбелалъин кколаан цо-цо мехалъ. Амма, гӏарзал рахъизе, гьабиларилан абизе бегьулеб жоян лъиданиги кколароан. Гьеб къварилъи-зулму хӏехьезе ккана гӏадамаз, тӏад ругез ургъичӏого гьабураб гӏантаб хӏукму сабаблъун.\nЛъабабизеги гочине ккана росдал гӏадамал. Амма, гьаб нухалъ зулму гьабун гуреб, росдал жамагӏаталъги районалъул нухмалъиялъги гьабураб хӏукмуялда рекъон. Нижерго росдада гъоркь, Гӏандигӏурул рагӏалда бугеб расалъи кьуна цӏияб росу базе хӏукуматалъ. Гьабуна гӏарцудалъун, къваригӏунел алатал чӏезарун, кумек. Гьанже рахине кколаро кьуркьурарал свералабаздасан борхатаб магӏарде тӏаде. Цӏияб Гӏалахъ буго гӏурул рагӏалда. Пихъил ахаз цӏун буго росу. Гӏумру гьабизеги гьаниб гӏемерго бигьаяб буго. Амма, росдал гӏадамазе хирияб буго умумузул ватӏан. Цояз гьениб картошка бекьула, цогидаз чӏунтун рукӏарал минаби цӏигьаруна, чанго хъизам басрияб росулъе тӏадбуссана. Рахуна Тӏад Гӏалахъе хӏухьбахъизе, умумузул хабалазде зияраталъе», — ян бицана Шумайсатица.\nШумайсат яхун йиго 83 сонил ригьалде. Гьелъул букӏана гьайбатаб гӏумру. 55 соналъ хӏалтӏана районалда, Махӏачхъалаялда, Мигӏарсо росулъ фельдшерлъун. Гьелъие къимат кьолаго, росдал гӏадамаз абула: «Цо сахав тохтурасда лъалеб жо нижер Шумайсатидаги лъала», — ян.\nХӏехьезе ккана гьелъ гӏезагӏан къварилъи, раччизе ккана кӏудиял камиял: къулизе ккана 16 сон барай ясалдеги, 20 сон барав васасдеги тӏаде. Лъикӏабги, квешабги хӏехьезе кумек гьабуна сабруялъин бицана хералъ. Шумайсат йиго «Захӏматалъул ветеран». Гьанже гьелда сверухъ буго кӏудияб тухум: лъабго васги, ясги, лъималазул анцӏила анлъго лъимерги, гьезулги анцӏила кӏиго лъимер. Кӏудияб рохел букӏуна гьелъул, гьел раккизе жиндихъе рачӏараб мехалда. Рекӏелъ кьвариги бугел, яхӏ-намусги къадруялда цӏунулел, гӏаданлъиги бергьарал, сабурал гӏадамал руго нилъер умумул – «рагъул заманалъул лъимал». Гьездаса мисал босани, нилъ кидаго мекъи ккеларо."}
{"slug": "7810-tokhtur-mu-minchi-shagiir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7810-tokhtur-mu-minchi-shagiir", "title": "Тохтур, муъминчи, шагӏир", "date": "2020-04-13 07:59:49", "categories": ["insan"], "text": "Шамил районалъул Гӏуриб росулъа Багьавудин Хӏамзатов дида лъалелдаса кӏикъогоялдаса цӏикӏун сон буго.\nГьев лъала махщел цӏикӏкӏарав щекъер-мукъулалъул (ЛОР) врач хӏисабалда гуревги, магӏна-гӏин, тадбир бугев, ракӏбацӏцӏадав, ритӏухълъи бокьулев инсан ва жамгӏияв хӏаракатчи гӏадинги.\nБащдаб гӏасруялдасаги цӏикӏкӏун заманалъ хӏалтӏана гьев тохтурлъун гӏагараб районалъул больницаялда.\nМахщел камилав, квер битӏарав тохтурас гьелщинал соназда гьарурал операциял рикӏкӏун хӏал кӏвеларо. Квер тӏадагьав тохтур хӏисабалда, щекъер-мукъулукъалъул операциял гьаризе гьесухъе рачӏунаан мадугьалихъ ругел районаздасаги унтарал. Гьезул больницабазул нухмалъулез ахӏун живгоги унаан гьениве захӏматал операциял гьаризе.\n…Ичӏго сон тӏубалев чи вукӏана Багьавудин 1944 соналда росдал жамагӏатгун цадахъ Чачаналде гочинарураб мехалъ. Цогидал гочинарурал магӏарулазулго гӏадин, расги бигьаяб букӏинчӏо гӏурисезулги гӏумру гьениб. Эменги рагъда вукӏун, гьесде кколаан рукъалъул гӏемерисеб магӏишатияб хӏалтӏи. Багьавудин вукӏана, абухъего, эбелалъе кваранаб кверлъунги, кӏудияй эбелалъул тӏалаб-агъаз гьабулев чилъунги.\nЧачаналде гочунелъул бихьараб гӏакъубаялъулги, гьениб гӏумру гьабулаго букӏараб захӏмалъиялъулги, къварилъиялъулги бицун, хадусел соназда Багьавудиница хъвана «Гӏурисезул къисмат» абураб рекӏее асар гьабулеб кӏудияб поэма.\nГӏурисез гӏумру гьабулеб букӏана Гилани абулеб росулъ. Гьениб анкьго сонил школа лъугӏун хадув чӏахӏиял классазде цӏализе ана Казбек районалъул Ленинаулалда букӏараб школа-интернаталде. Гиланисан Ленинаулалде букӏана лъабго километр, райцентралде – Ножаюрталде нух рикӏкӏад букӏана.\n1957 соналда гьоркьохъеб школа лъугӏун хадув Б. Хӏамзатов цӏализе лъугьана Хасавюрталъул медицинаялъул училищеялде. Гьеб сон букӏана Гьоркьохъеб Азиялдаса чачаналги тӏадруссун рачӏунеб, дагъистаниялги жиде-жидер росабалъе Чачаналъа нахъе гочунеб. Медучилище лъугӏун хадув 1959-1963 соназда Багьавудин хӏалтӏана гӏагараб районалъул Микьигьориб росулъ фельдшерлъун. Тӏадегӏанаб медицинаялъул лъай щвезе бугеб анищалъ вачана Дагъмединституталде.\nГьеб лъугӏаралдаса нахъе пенсиялде инегӏан хӏалтӏана цого ишалда, цого больницаялда.\nРакӏбацӏцӏадаб, гӏемерсоназулаб мисалияб хӏалтӏухъ гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе – грамотабазе, баркалаялъулал кагътазе.\nБ. Хӏамзатовасе кьун руго Дагъистаналъул ва Россиялъул Федерациялъул мустахӏикъав тохтур абурал тӏадегӏанал цӏаралги.\n— Бищун кӏудияб шапакъатлъун дица рикӏкӏуна инсанасул сахлъи цӏуниялъул махщел тӏаса бищизе Тӏадегӏанас дун гьесизави, гӏадамазе бищун хӏажатаб сахлъи цӏуниялда хӏалтӏизе щвей, унтаразул баркала, Аллагьасул рахъалдасан кири щвеялде хьул, — илан абула ункъо нухалъ хӏеж борхарав унго-унгояв муъминчи Багьавудин-хӏажица.\nГӏумруялъул гьудул Патӏиматгун цадахъ гьез исламияб диналда тарбия кьун гӏезабуна микьго лъимер– кӏиго вас ва анлъго яс. Гьединго куцалел руго лъималазги жидерго лъимал.\nПенсиялде инегӏанги, ун хадувги Багьавудин Хӏамзатовас кӏвар кьуна дин исламалде, гьеб тӏибитӏизабиялде. Халкъияб, исламияб медицинаялъул темаялда хъварал, назмабазул, мавлидазул, шигӏрабазул анцӏила кӏиго тӏехь къватӏибе биччана гьес. Жиндирго харжалдалъун печаталда рахъарал гьел тӏахьал чӏорого киридахъ рикьана садакъаде гӏадамазе, кьуна мажгитазде.\nГьаниб Б. Хӏамзатовасул бицунаго, абичӏого гӏоларо гьев хӏалтӏудаса пенсиялде индалги шекъер-мукъулукъалъул гъая бугел гӏадамал рокъоре рачӏине лъугьиндал, гьев хӏажатавлъун кканин операциял гьариялъе къваригӏунел медицинаялъул алатал росизе, рокъоб хасаб кабинет гьабизе. Вачӏарав чи гьес нахъ чӏваларо, операциял гьарула чӏорого, гӏицӏго Аллагьасе гӏолоян нигаталда.\nГьединав вуго гьаб гӏагараб заманалда гӏумруялъул 85 сон тӏубалев лъикӏав тохтур, муъминчи, шагӏир Багьавудин – Хӏажи Хӏамзатов. Бичанте Аллагьас сахлъиги, халатал соналги дуе насиблъизе лъикӏав инсан."}
{"slug": "7811-bergenl-iyalde-kiudiyab-khulgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7811-bergenl-iyalde-kiudiyab-khulgun", "title": "Бергьенлъиялде кӏудияб хьулгун", "date": "2020-04-13 08:59:13", "categories": ["obrazovanie"], "text": "— Жакъасеб дир бергьенлъиялъулъ кӏудияб бутӏа буго дица дирго гӏумруялъулгицин мугӏалимзабилъун рикӏкӏунел Зарият Базаевалъул ва Сиянат Саидовалъул.\nГьез бижизабуна дилъ рахьдал мацӏалдеги гӏагараб миллаталдеги кӏудияб, даим рекӏелъа ине гьечӏеб гӏищкъу.\nГьеб гӏищкъул улкаялда тӏегьалеб буго гӏагараб Дагъистаналдеги, йижараб росдадеги, миллаталъул тарихалдеги, тарихлъун жидер цӏарал кколел магӏарулаздеги рокьи.\nЗарият Базаева машгьурлъана Россиялдаго – гьей гӏахьаллъана Тӏолгороссиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул конкурсалда ва цо номинациялда босана тӏоцебесеб бакӏ, гьабсагӏаталда гьей кола Махӏачхъалаялъул школазул рахьдал мацӏалъул бищунго лъикӏал учительзабазул цояйги. Гьелъ республикаялъул школазул авар мацӏалъул учительзабазе кьола мастер-классалги. Гьединго магӏарул мацӏалъул учительзабазда лъала Сиянатил цӏарги. Гьелъ нухмалъи гьабулеб буго республикаялъул авар мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъ гӏуцӏараб сайталъе. Гьеб сайталъул кӏудияб кумек букӏуна авар мацӏалъул учительзабазе, — йилан байбихьана диргун гара-чӏвари Загьратица.\nАраб анкьалда газеталъул редакциялъ гьоболлъухъ ахӏун йикӏана 18-20 марталда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» конкурсалда бергьарай, Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул авар мацӏалъул учитель Загьрат Ахӏмадова.\nГьаюна ва гӏуна Загьрат Казбек районалъул Дилим росулъ. Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, гьей цӏализе лъугьана ДГПУялъул филологияб факультеталде.\nКъисматалъ Загьрат ячана Гъизилюрт районалъул Бавтугъай поселокалде ва хӏалтӏизе лъугьана поселокалда бугеб, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялде гьоркьобе унеб №3 школалде. 2009 соналдаса нахъе гьений хӏалтӏулейги йиго.\nРедакциялде ячӏунелъул, Загьратихъ кодоб букӏана, конкурсалде гӏахьаллъулелъул, хӏадур гьабураб папкаги. Гьеб бегулелъул, дир рекӏее рохалилаб асар гьабуна учителалъул ва гьелъул цӏалдохъабазул хӏалтӏул хӏасилаз.\nГьел гӏахьаллъулел руго Халкъазда гьоркьосел, Тӏолгороссиялъул ва республикаялда тӏоритӏулел конкурсазда. Кколел руго цересел бакӏал. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гӏемерал дипломаз ва грамотабаз. Гьединго гӏемерал шапакъатал ругоан жийго Загьратилги.\nМасала, исана республикаялъул лъай кьеялъул централда тӏобитӏараб (Каспийск) «Науки юношей питают» конкурсалъул диплом.\nЗагьрат Ахӏмадова чанго соналъ тӏатӏала гӏахьаллъана шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб конкурсалда. Гъоркьисалаги бергьана гьей шагьаралъул конкурсалда ва республикаялъул конкурсалдаги гӏахьаллъана. Гьеб тӏобитӏулеб букӏана дун хӏалтӏулей йигеб №11 гимназиялда. Жакъаги ракӏалда буго дида «Прилагательное» темаялда гьелъ кьураб дарс.\nТӏоцере рихьулел лъималазе кьолеб дарс ана тӏадегӏанаб даражаялда.\n«Авар мацӏ» номинациялда гьелъ ккуна лъабабилеб бакӏ. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏо гӏолохъанай учитель.\nЖегиги цӏикӏкӏун тӏадчӏейги гьабун, хӏадурлъана хадусеб конкурсалде.\nЦӏидасанги – конкурс. Гьаб нухалда – бергьенлъиялде кӏудияб ва щулияб хьулгун.\n35 учителасда гьоркьой гьаб нухалда бищунго лъикӏайлъун рикӏкӏана магӏарулай Загьрат Ахӏмадова (гьелъул дарсил хӏакъалъулъ хъван букӏана цебесеб номералда).\nБихьулеб букӏана учитель жиндирго махщел борхизабиялда тӏад гӏемер хӏалтӏулей йикӏинги. Гьелъ жиндирго хӏалбихьиялдаса цогидазе бицунеб буго «Инфоурок», «Мультиурок», «Педагоги» сайтаздасан. Гьабсагӏаталда Загьрат хӏалтӏулей йиго «Академик» сайталда онлайн-тестал лъеялда тӏад.\nГьелъул хӏалбихьиялдаса ва методикияб материалалдаса пайда босулеб буго республикаялъул школазул авар мацӏалъул учительзабаз.\nЗагьратил махщел буго кучӏдул гьаризеги. Гьединго гьелъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго пагьмуял цӏалдохъабазул гьунар цебетӏезабиялдеги. Гӏемер ахӏула Загьрат Ахӏмадова ДИРОялде махщел камил гьабизе ва лъай борхизабизе рачӏарал учительзабазда мастер-классал рихьизаризеги.\nГьелъ гьанжеялдего байбихьун буго ноябралда Москваялда тӏобитӏизе бугеб рахьдал мацӏалъул учительзабазул конкурсалда гӏахьаллъиялъе хӏадуризеги.\nГара-чӏвариялъул ахиралда Загьрат Ахӏмадовалъ кӏудияб баркала загьир гьабуна №3 школалъул директор Загьид Хӏажиевасе, завуч Нургьида Хӏосеновалъе ва Гъизилюрталъул лъай кьеялъул управлениялъе жинде гьабун букӏараб кӏудияб ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб божилъиялъухъ."}
{"slug": "7814-pandemiyal-ul-gudrake-kkarab-l-aj-kej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7814-pandemiyal-ul-gudrake-kkarab-l-aj-kej", "title": "Пандемиялъул гудракье ккараб лъай кьей", "date": "2020-04-13 18:40:08", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Инсаниятго хӏинкъиялъул квачӏикье ккезабураб коронавирусалъул хӏалкӏолъиялдалъун, моцӏалъ рокъор тана цӏалдохъабиги. Рокъорго цӏализаре лъималин лъазабуна цӏалдохъабазул эбел-инсуда. Рачӏаха, халгьабизин гьеб хӏалалда улкаялъул пачалихъалъ тӏуразарулел ругел масъалабазухъ.\nРикӏкӏадасан цӏали гӏуцӏи\nГазеталъул гьурмаздасан чанцӏулго бицун букӏана Россиялда рикӏкӏадасан цӏали гӏуцӏиялъе (дистанционное обучение – ДО) хӏадурлъулел ругин абун. Гьеб къагӏида хӏадурулаго ана къогониги сон ва гьелде харж гьабуна гӏемераб гӏарац.\nАмма гьанжелъизегӏан ДО гӏумруялде бахъинабун бажаричӏо. Гьелъие аслияб гӏиллалъун экспертаз рехсолеб буго ДОялъул къагӏидаялда хӏалтӏизе бажари бугел тьюторалги кураторалги (гьез хисизе ккола жакъасел школазда хӏалтӏулел учительзаби) гьечӏолъи. Рукӏана бакӏ-бакӏазда рагьун сакъатал лъимал цӏализарулел ДОялъул школал.\nБуго гьединаб школа Махӏачхъалаялдаги. Гьелъул хӏакъалъулъги хъван букӏана нижеца.\nУчительзаби хӏадур гьечӏо ДОялде. Хӏадурун гьечӏо цӏалдохъабигун студенталги. Чан чиясул рокъоб батилеб хехаб Интернетги компьютергун ноутбукги? Шагьаразда гьеб рахъалъ квешаб хӏал гьечӏониги, росабалъ расги лъикӏаб гьечӏо.\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго школазда яги вузазда гӏолилал цӏализаризе захӏмалъулеб бугин абун. Цере гӏадин кӏийилазукьаги хӏинкъуларел, учителасул малъиги гӏадахъ босуларел цӏалдохъаби кколел руго эбел-инсул цӏобалде.\nБажарулищ гьезухъа лъимал цӏализарун? Карантиналъул тӏоцебесеб бутӏа байбихьарабго, вацапалдаса тӏиритӏизарулел баяназ бицунеб буго гьеб бажарулеб гьечӏолъи. Гьединлъидал щаклъизе бачӏуна ДОялъулги лъикӏаб хӏасил ккеялде.\nЛъикӏал хӏасилал ккезе рес буго, байбихьул школалдасаго ДОялъул къагӏидаялда рекъон цӏализе ругьунал цӏалдохъаби куцани. Рокъосанго лъимал цӏализареян лъазабуралдаса инчӏо гӏемераб заман, амма социалиял гьиназдасан тӏиритӏизарулел руго гьелдаса рази гьечӏолъи загьир гьабулел улбузул ахӏиял. «Лъикӏаб букӏинаан, карантиналда школал тани, ай цӏалдохъабигун учительзаби школалда жанирго чӏезаруни. Дица дирго ункъабго лъимадуе лъабабго ригьалъ квен баччилаан гьенибе», — ян бицунеб буго цо гӏаданалъ.\nЦогидалъ хъван буго директоралъухъе гьадинаб гӏарза: «Гьарула дир васасе, анлъабилеб классалъул цӏалдохъанасе, гьаб цӏалул соналъул хӏасилиял къиматал хӏисабалда киналго дарсазухъ кӏийилал лъеян. Васасе бокьулеб гьечӏо цӏалдезе. Гьев цӏалдезавизе къеркьани, дир гӏумруялъе хӏинкъи букӏине буго: дун я гӏадаллъула, я дир гьекъолдухъан яхъуна», — ян.\nЧӏахӏиял школазул бакӏалда – гӏисинал\nПандемия лъазабураб мехалда унти тӏибитӏизабулел бакӏаллъун рикӏкӏуна гӏемерал гӏадамал рукӏунел рестораналгун кинотеатрал, стадионалгун спортзалал, мажгиталгун клубал. Гьеб сияхӏалда гьоркьор рехсола школалгун лъималазул ахалги. Гьединлъидал экспертаз абулеб буго, пандемия лъазабиялъул хӏинкъи цӏикӏкӏараб заманалда лъикӏ букӏинин 2000-3000 цӏалдохъан гуреб, 200-300 лъимадуе бакӏ бугеб школа бугони. Гьеб мехалда дагьлъула унти тӏибитӏиялъул хӏинкъи. Гьединал школалги рукӏине бегьила гӏемертӏалаял минабазул тӏоцересел тӏалабахъ –рокъоса рахъарал лъимал, азбаралде лъугьинчӏого, дарсиде щолеб хӏалалъ.\nХӏажат гьечӏо цӏалулгун дарсил планал\nЩибаб соналъул хасало букӏуна гриппалъул эпидемия. Камуларо, кӏигониги анкьалъ школал къаялъул хӏужабиги. Чанцӏулго школазда дарсал гьоркьор къотӏизаруна терроризмалъул хӏинкъи лъазабиялда банги. Гьеб мехалда учителас цебеккунго хъван рукӏарал дарсилги лъагӏалил цӏалул планги тӏубазабизе рес кколароан. Гьанже школалгун лъималазул ахал къана моцӏидасаги цӏикӏкӏун заманалъ. Жеги мухӏканго лъаларо, кида гьелъие ахир лъелебалиги. Унти ккезабулел вирусал загьирлъулеблъун рикӏкӏунеб буго 14 къо. Амма карантин халалъизе рес буго тӏубараб лъагӏелалъги. Кин гӏумру гьабизе бугеб гьеб мехалда? Щиб кваназе бугеб?\nБицанщиналъул магӏна ккола, цӏалул сон кин тӏобитӏизе бугебали лъаларелъул, школал хӏалтӏизе ккола «хӏакъикъияб гьава-бакъалда» рекъонин абураб. Цинги киналгӏаги планалги хӏажат гьечӏо, стандартазулги магӏна хола.\nЛъай кьеялъул идарабазул хӏалтӏухъаби\nКоронавирусалде данде къеркьолаго, апрелалъул ахиралде щвезегӏан рокъор цӏализаризе ккола лъимал. Кин экзаменал кьезе ругел ичӏго ва анцӏила цо класс лъугӏулел цӏалдохъабаз?\nРФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовасул баяназда рекъон, 11 классалда цогоял пачалихъиял экзаменал байбихьизе руго микьабилеб июналда. Исана букӏине гьечӏо цебеккунго ЕГЭ кьолеб къагӏида, ай цересел соназулги исанаселги выпускниказ экзаменал кьезе руго цого заманалда. Чӏезарун руго резервалъул къоялги (аслияб заманалда экзамен кьезе санагӏат ккечӏел цӏалдохъабазе). Ичӏабилеб классазул цӏалдохъабазул экзаменал байбихьула ичӏабилеб июналда. Вузазде документал къабул гьаризе руго анцӏабилеб августалде щвезегӏан.\nЭкзаменазул къоял хисизариялда бан бижулеб буго цоги масъала: щиб гьабилеб учительзабазул отпусказда? Тӏолгороссиялъул халкъияб фронталъ улкаялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабун букӏана, нагагьлъун учительзабазул отпуск къокълъизабизе кколеб бугони, гьезул материалияб рахъ хӏисабалде босеян абун. Ункъабилеб апрелалда «ВКонтакте» социалияб гьиналъ гӏуцӏараб «Домашний час» абураб онлайн-марафоналда Сергей Кравцовас лъазабуна, гьеб масъала тӏубазе кӏигониги анкь хӏажалъизе бугин абун. «Учительзабазул отпусказул рахъалъ хасаб баян кьела нижеца. Бигьаяб масъала гуро гьеб. Тӏолабго ахӏвал-хӏалалъул цӏех-рех гьабизеги чӏванкъотӏараб хӏукму къотӏизеги хӏажалъизе буго кӏигониги анкь. Халгьабизе ккола хадурккун ккезе бегьулел хиса-басиязулги», — ян бицана министрас.\nУчительзабазул моцӏрол харжал дагьлъизаризего бегьуларин абун регионалиял идарабазде хитӏабги гьабуна Сергей Кравцовас."}
{"slug": "7815-soldatasul-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7815-soldatasul-k-ismat", "title": "Солдатасул къисмат", "date": "2020-04-13 18:49:19", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Лъаратӏа районалъул тӏадиял росулъа рагъде ана 28 чи. Гьезул цояв, 18 сон барав Гӏалил Гӏусманил Рамазан армиялде ахӏана 1940 соналъул ихдал. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана типлис шагьаралда, гӏарадачагӏазул полкалда. Кӏудияб ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалда полк ккана ункъабилеб украинаялъулаб фронталде.\n1945 соналъул ихдал эбел-инсухъе бачӏана кьалул майданалда вас хванин абураб кагъат. Гьеб гурони, батӏиял баянал гӏагарлъиялъухъ рукӏинчӏо. Рамазанил къисматалъулги, бахӏарчилъиялъулги, гьесие кьадар щвараб ва вукъараб бакӏалъулги мухӏканлъи лъана интернеталдасан.\nТбилиси шагьаралдаса байбихьараб Рамазанил рагъулаб нух халат бахъана Польшаялъул Краковшагьаралде щвезегӏан. Гвардиялъулав гьитӏинав сержант Рамазан Гӏусмановас рагъда живго вихьизавуна лебалав, хӏинкъи гьечӏев солдатлъун. Гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе ва командирзабазул реццазулал кагътазе.\nРагъулаб шапакъаталъе гьев вихьизавураб буюрухъалда хъван буго: «1944 соналъул 7 маялда Крымалъул Балаклава шагьар фашистаздаса эркен гьабулаго рукӏарал рагъазулъ, красноармеец Гӏусманов Рамазаница лъукъарав гьалмагъ хисун гӏарадаялдаса гӏужилаб кьвагьи лъуна ва тушманасул щулалъи щущахъ биххизабуна. Гьелъул хӏасилалда рес щвана кьвагьдохъабазул полкалъе гьужумалъ цере ине. Бихьизабураб гьунаралъухъ Гӏусманов Рамазан мустахӏикълъана « За Отвагу» медалалъе».\nРагъ байбихьилалдего армиялда хъулухъ гьабун вукӏиналъги батила, Рамазан вукӏана гӏарадаялдаса гӏужилго кьвагьдезе бажари бугев солдат. Гьев вукӏана гӏарадачагӏазул расчеталъул командир.\nРагъулаб нухда чанги батӏияб захӏмалъи бихьана магӏаруласда.\nЧанцӏулго лъукъун госпиталаздеги ккана. 1945 соналъул 28 январалда Польшаялъул Йорданув шагьаралда унел хӏалуцарал рагъазулъ Рамазан Гӏусмановас бихьизабуна иргадулаб бахӏарчилъи.\nГьелъухъ кьураб «Орден Славы» шапакъаталъул буюрухъалда хъван буго: «Йорданув шагьаралда аскӏор унел рагъазулъ красноармеец Гӏусманов Рамазан тӏоцеве кӏанцӏана тушманасул окопахъе ва квержубараб рагъда тӏагӏинавуна фашистазул лъабго солдат, живгоги лъукъана».\nСахлъун хадув Рамазан ккола батӏияб полкалде. Кватӏичӏого, 12 марталда, иргадулаб гьужумалда Рыхулд росдада аскӏор рукӏарал вахӏшиял рагъазда гьес жиндирго гӏарадаялдаса лъураб гӏужилаб кьвагьиялъ тушманасул дзот ва кӏиго пулеметалъулаб расчет тӏагӏинабуна. Гьеб гьунаралъухъ Рамазан мустахӏикълъана «Красная Звезда» орденалъе. Бахӏарчияв солдатас армиялда хъулухъ гьабуна тӏубараб щуго соналъ. Амма пайда щибха, гьесулги къисмат батана, рагъ лъугӏизе чанго къо хутӏараб мехалъ къанщрал аза-азар советиял солдатазулго гӏадаб. 1945 соналъул 16 апрелалда иргадулаб гьужумалда захӏматго лъукъарав Рамазан къадаралде щвана. Гьеб букӏана, документазда хъвавухъе, рагъда Рамазанида щвараб лъабабилеб ругъун. Рагъ лъугӏизе хутӏун букӏана 15-20 къо. Вукъун вуго Польшаялъул Краково воеводствоялъул Поломя росдал хабалалъ. 23 сон байдал хварав Рамазан кӏочон гьечӏо гӏагараздаги росдал жамагӏаталдаги. Гьесул цӏар лъуна гьесул вацгӏал, рагъул ветеран, кӏиго «Багӏараб Цӏва» орденалъул кавалер Тӏинахӏажиясул Сагӏидбегица ва гьесул вас, дунялалда цӏар рагӏарав тохтур, Италиялъул «Сапиенса» университеталъул профессор Жалалудин Сагӏидбеговас жидерго лъималазда.\nБаркала буго Рамазан Гӏусмановасулги жеги анцӏ-анцӏ рагъда тӏагӏаразулги тӏадруссаразулги баянал ралагьизе кӏудияб хӏалтӏи гьабулев, Ибрагьимотар росдал школалъул учитель Мурад Хӏусеновасе.\nКӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялъул юбилеялде гьес гӏагараб школалда гӏуцӏулеб буго рагъда тӏагӏаразул къисматалъул ва гьунаразул бицунеб тадбир."}
{"slug": "7816-bakhiarzal-kiochenaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7816-bakhiarzal-kiochenaro", "title": "Бахӏарзал кӏоченаро", "date": "2020-04-13 19:00:05", "categories": ["insan"], "text": "Гьабсагӏаталда рагъул ветераназул чанго чи хутӏун вуго Гъуниб районалда.\nГьезул цояв ккола Цӏияб Хушет росулъ гӏумру гьабун вугев Бухтиса Тӏагьиров Тӏагьир. Гьев гӏинда бакӏлъун вуго, амма чорхол сахлъиялъе къварилъи гьечӏо. Гьесул «гӏундуллъун» йиго гӏумрудул гьудул, лъади Тӏавус Идармачева.\nХъизан гьабун лъабго моцӏ гурони бачӏев Тӏагьир, 1940 соналда ахӏана армиялде. Рагъулаб хъулухъ гьабизе ккана Финляндиялъул гӏорхъоде. Гьев вукӏана гӏарадачилъун.\nКъисматалъ гьесие хъван букӏун буго рагъул ахиралде щвезегӏан кьалул майданалда хутӏизе. Гьев мустахӏикълъана «Багӏараб Цӏва» орденалъеги.\nЗахӏматго лъукъарав Тӏагьир гьалмагъас, хун ватилинги абун, гъотӏол гӏаркьалабазда гъоркь вахчизавун вуго. Рагъ гӏодоциндал, Тӏагьир ккола немцазухъе асирлъуде.\nРагъ лъугӏун хадуб, нилъер аскараз эркен гьарурал асирал ритӏула Донбассалде, тӏурччи бахъулеб шахта рукӏалиде ккезабизе. Гьенив хӏалтӏулаго рокъобе хъвараб кагътие жаваб бачӏуна кӏудияв вац Гӏумар рагъда чӏванин абун. 1947 соналда Тӏагьир тӏад вуссуна рокъове ва хӏалтӏизе лъугьуна росдал колхозалъул учетчиклъун. Рагъул корониб гуребги, ракълилаб гӏумруялдаги хӏалихьалъи дандчӏварав Тӏагьир туснахъ гьавула ва витӏула Сибиралде. Хрущевасул политикаялъул «хинлъи» речӏчӏидал, гьев ритӏухъги гьавула.\nЖив цӏакъ талихӏав чи вугин абула гьес. Хъизан-лъималаз лъикӏ хьихьунги вугин, хӏажатаб жоги гьечӏин бицана ветеранас. Тӏавусица бицана гьанже жал васасде аскӏоре, Тулаялде гочунел ругинги. Гӏагараб ватӏан тун рикӏкӏаде унел рукӏиналъги батила, дагьал пашмангоги ругоан рос-лъади."}
{"slug": "7817-gunaralda-rek-arab-shapak-at-shchvechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7817-gunaralda-rek-arab-shapak-at-shchvechio", "title": "Гьунаралда рекъараб шапакъат щвечӏо", "date": "2020-04-13 19:08:59", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Гьаб иш ккана Кӏудияб ватӏанияб рагъул заманалда. Местӏерухъа Асхӏабов тажудин вукӏана Румыниялъул ракьалда. Тажудин вукӏана гӏараб гӏелму лъалев гӏалимчи. Цо нухалда, немцазул гучги цӏикӏкӏун, нилъер аскарал нахъе къазе ккана. Киналгоги нахъе ун, кӏудиял тӏалабазда гьоркьов, как кватӏизе гурилан, ракьуца таямумги гьабун, как базе лъугьана тажудин. Какие салам кьезе цояб рахъалде вуссарав гьесда 40-50 рагъухъан вугеб немцазул къокъа бихьана тӏаде щолеб. Кумекалъе чиги гьечӏого живго цохӏо хутӏарав гьес лъутизе хивал гьабуна. Амма иман бугев чи вукӏиналъ, «Лъутун киве дун ворчӏилев? Аллагьас хъвараб жо бихьичӏого хутӏуларо. Щиб лъалеб Аллагьас щиб хъван бугебали», — ян пикру гьабуна.\nТажудиница автомат босана ва речӏчӏаризабуна. Гӏемерисел чӏвана, чӏаго хутӏарал лъутун ана. Амма цӏидасанги рачӏине лъугьана немцал. Тажудинихъа гулла-хер лъугӏана. Чара тӏагӏарав гьес Аллагьасда гьарулеб букӏана жив хвасар гьавеян, устарзабаздеги ахӏи бана кумек гьабеян. Цойидасан Тажудинида немцазул гаргар рагӏизе лъугьана. Бетӏер борхун балагьарав гьесда цояс граната бахъулеб бихьана.\nЛахӏзаталдасан гьесухъ кодобго граната кьвагьана ва кӏиявго немцавги чӏвана. Бигьагьавун гьезде аскӏовеги хъурщун, кӏиясулго автоматалги росун, гьезул горбода рукӏарал сумкабиги рахъун, Тажудин тӏад вуссана.\nГьес санагӏатаб бакӏалда щулалъи ккуна ва лъутун унел тушбабазда хадуб автоматалдасан чӏер барсизабуна. Щобде нахъе щвезегӏан нахъе балагьичӏого тӏурана чӏаго хутӏарал немцал. Дов чӏварав кӏигоясул сумкабазухъин абуни Тажудинида автоматалъул кӏи-кӏи рожокги батана. Палхӏасил, щуябго диск лъугӏизегӏан гъурана гьес фашистал.\nЖивго хвасарлъиялъе Аллагьасе щукруги гьабун, щукрудал какги бан, гьес Бетӏергьанасда гьарулеб букӏана: «Я, Бетӏергьан Аллагь, киданиги дица гӏадамасе зарал гьабичӏо, гьадалгощинал фашистал чӏвай дица гьабураб гъазаватлъун рикӏкӏеха, Аллагь», — абун.\nГьеб заманалда нилъер аскар тӏад буссун бачӏана. Цеве-цеве вукӏарав командирасда жиндирго как-диналда\nТажудинги вихьана. Аскӏовеги ун, командирас гьесда гьикъана: «Ты у немцев был?» — ан. «Бил», — ан абуна Тажудиницаги. «Расстрелять подлеца!» — ян буюрухъ кьуна командирас.\nЦевеги къотӏун, чӏвазе вачун унев Тажудин вихьана полкцояв хунзахъесда. Гьес гьикъана щиб ккарабин.\n— Дуца немцал чӏванищилан командирасги гьикъана, чӏванилан дицаги абуна. Гьанже киве вачунев вугевали дидаги лъаларо, — ян жаваб кьуна Тажудиница.\nПалхӏасил, полкцояс цӏех-рех гьабуна ва баянлъана гӏурус мацӏ лъангутӏиялъ Тажудиние тамихӏ гьабизехъин букӏин.\n— Тажудин, хирияв вац, «был» абурабги «бил» абурабги рагӏабазул магӏна батӏи-батӏияб буго. Гьанже гьеб нилъеца рекъа-решезабилин, рилълъа командирасухъе…\nХунзахъес командирасда бицана Тажудиница жиндаго бицараб жо -гьадалгощинал фашистал чӏварав чи Тажудин вукӏин: нилъ киналго нахъекъалеб заманалда как балев живго Тажудин хутӏиялъулги патроназул щуго рожок лъугӏизегӏан немцал гъуриялъулги.\nЦо-цо гурого рожокги (диск) кьун букӏинчӏин рагъухъабазухъе, гьесие щугояб киса щвараб, гьес гьереси бицунеб батилин командирас абидал, тӏалабазда нахъа лъун рукӏаралъуса щуго дискги лъабго автоматги Тажудиница хунзахъесдаги командирасдаги цере рехана. Хунзахъес командирасе таржама гьабуна местӏерухъес бицараб.\n— Ох, дурак! Чуть не убил я Героя Советского Союза! Ты же герой! Через неделю получишь звезду Героя! — янги абун, командирас жиндирго заместителасе буюрухъ кьуна Тажудиние Бахӏарчиясул цӏар кьезе материал хӏадуреян…\nАмма Тажудиние Бахӏарчиясул цӏар щвечӏо, кире ккаралали лъачӏого тӏагӏана хӏадур гьарурал кагъталги. Гьезул тӏалаб гьабизе гӏурус мацӏ лъалебги букӏарабани, цӏар-рецц хӏажатав чи Тажудинги вукӏаравани, Гӏахьвахъ районалда цоги Бахӏарчи вукӏинаан."}
{"slug": "7818-kurda-tiadgi-rizhula-g-utibi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7818-kurda-tiadgi-rizhula-g-utibi", "title": "Кьурда тӏадги рижула гъутӏби", "date": "2020-04-13 20:11:15", "categories": ["pismo"], "text": "Къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе Мокъокъ росдал рагӏалдаса, къогогӏан метралъул манзилалда къедги биххун, хвезабуна Кимялъ ва Лъерухъ росабазул советазул 15 росулъе ва гьездаго гьоркьоб Шаури росдал советалъул Цебари росулъеги унеб шагьранух.\nКӏигоялдасаги цӏикӏкӏун моцӏ ана дагӏба-къецалда, нухазул отделалъ базе кколин росдал совет, бакӏалъул советалъ базе кколин нухазул магӏишаталъул хӏакимзаби.\nГьеб заманалда 16 росдал гӏадамаз, райцентралде яги шагьаразде ине ккани, бегизе кколаан кӏиго мегӏер: Цицимахъ ва Элбокъ.\nЦебари-Шапихъ нух доб заманалда рагьун букӏинчӏо. Риидал шагьаралде щварав дун ваккана нухазул идараялде.\nНухазул хӏакъалъулъ хабар ккедал, гьелъул нухмалъулев Мухӏамадов Мухӏамадица абуна жиндир масъала бугила Шаури-Эчеда, Чӏалда-Къорода, Цебари-Шапихъ нух рагьизе, амма гӏарац гьечӏолъиялда бан, халат бахъунеб бугин. Мокъокъ росдада аскӏоб къедги бакӏалъулаб советалъ базе кколин, мокъокъдерица росдада гъоркьан нух бахъизеги биччалеб гьечӏин.\nЧанго къоялдасан магӏарухъе щведал, къед гьабизе гӏолохъаби рачун ратана нухазул отделалъ. Кӏиго батӏияб къагӏидаялда росдада гъоркьан нух бахъизе проектги гьабун букӏана. Цоялда рекъон, нух бахъизе букӏана росдада дандбитӏун, амма лъабкъого метралъул борхалъуда халатаб кьо лъезе кколаан.\nХадусел соназдаги бахъун букӏана проект, жакъа-метер хӏалтӏи байбихьулеб бугилан. Росулъан машинаби рахине кӏоларого, кӏудияб къварилъи букӏуна, хасго цӏадал рараб заманалда. Гӏадамазул минабазда аскӏоса чӏахӏиял машинаби хьвадараб мехалда гьезие зарал ккола. 2018 соналъул риидал гьаваялъул десанталъул учение унеб мехалда, нус-нус рагъулаб техника хьвадиялъул хӏасилалда ккана минабазе жагъаллъи. Росдада гъоркьан нух бахъиялъе бигьалъи гуребги, бакӏалъулаб ункъо администрациялъул 26 росулъе унеб нух къокълъула кӏиго километралдасаги цӏикӏкӏун манзилалъ. Лъабго соналъ цебеги, лъабабилеб нухалдаги бахъана проект, ахир-къадги кӏиго соналъ цебе баккана нух бахъизе байбихьизе бугин абураб хабар. Амма лъица бахъизе бугебали баян гьабичӏо.\nАхир-къадги, 2018 соналъул октябрь моцӏалда, тендерги бергьун, нух бахъизе байбихьана «Мугӏрул» абураб кооперативалъ. Цересел соназда гьебго кооперативалъ нух бахъана Цебари, Шапихъ, Цицимахъ магӏардаса Кӏилъартӏе. Чанго километралъул нух бахъун букӏана Махъалалъ росулъа эхеде, гуржиязул гӏорхъодаса Цӏумада районалъул Хушет росулъе –анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун километралъ.\nГьенив хӏалтӏулев вукӏана, Шаури-Эчеда нух бахъулаго, ВЛКСМалъул ЦКялъул грамота щварав Гӏумаров Мухӏамад. 10-15 градусалъул цӏорой букӏаниги, декабрь бащалъизегӏан нух бахъана.\nГъоркьиса ихдал цудунго байбихьана кьуру борлъизе ва радал анлъго тӏубаралдаса къаси бецӏлъизегӏан техникаялъул хъуй камулароан росдада гъоркьан.\nАпрель моцӏалдаго кьурул чанго метр кьвагьизе хӏадурлъун бугониги, гьеб кьвагьизе гӏадамал рачӏинчӏо. Хадубкун баянлъана, кьурул хӏалтӏаби, ай гьеб кьвагьизаби, проекталда рихьизарун гьечӏеблъи. Гьедин 4-5 моцӏалъ халалъана, кьуру кьвагьичӏого, техника хӏалтӏизабизе ресги гьечӏого.\nНухазул идараялда хӏалтӏулезда лъазе кколаан, цӏунтӏадерил согӏал мугӏрул ругеблъиги ва гьениб кьурдаги гъутӏби рижулеблъи."}
{"slug": "7819-veteranase-kumek-shcholeb-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7819-veteranase-kumek-shcholeb-gechio", "title": "Ветеранасе кумек щолеб гьечӏо", "date": "2020-04-14 04:50:48", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ хутӏун вуго кӏиго рагъул гӏахьалчи – Жамалудинов Гьитӏинамухӏамад ва Нурмухӏамадов Патахӏ.\nПатахӏ захӏматго унтун вуго, Гьитӏинамухӏамад хьихьун вуго васасги нусалъги. Гьевги гӏинкълъун вуго. Гьесул васас ва нусалъ бицана хӏукуматалъ жидее букӏине кколеб кумек гьабулеб гьечӏин. — Вегизе ортопедиялъулаб кроватьги, коляскаги, памперсалги хӏажат ругин абун чанго нухалда лъазабидал, бадирецин ралагьулел гьечӏо.\nМахӏачхъалаялде айин абулеб буго памперсал росизеги.\nБолъихъ районалъул прокурорасул заместитель вачӏун вукӏана ва гьесдаги бицана инсуе хӏажаталъул. Букӏинабилинги абун, гьевги ана.\nАмма жеги бихьулеб жо гьечӏо. Бокьилаан чӏаго хутӏарал дагьалго ветераназе кумек гьабуни, къваригӏараб гьезие щвезабулебани"}
{"slug": "7882-kiitsiul-gochana-amma", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7882-kiitsiul-gochana-amma", "title": "Кӏицӏул гочана, амма…", "date": "2020-04-20 08:39:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 апрелалъ Цӏунтӏа районалъул гӏадамазе пашманаб асар гьабула. Гьезул умумул Чачаналде гочинарураб къо ккола гьеб.\nГьел гочинариялда хурхараб буюрухъ бахъун букӏана 1944 соналъул 9 марталда.\nДагъистаналдаса 114 росдал жамагӏатал ритӏана Чачаналде. Амма, тумазул миллат гурони, депортациялда букӏараблъун рикӏкӏинчӏо.\nНус-нус соназ гӏумру гьабурал бакӏал гӏадамазда тезариялъе гӏиллалъун советияб нухмалъиялъ бачунеб букӏана хъачӏал мугӏрузда ругел гӏадамазе яшав гьабизе захӏматго букӏин. Гьединлъидал «гьава-бакъ рекъараб, ракь беэнаб» бакӏалде ритӏана гьез дагъистаниял.\nИнарилан чӏаниги, гьел бергьунелги рукӏинчӏо. Гӏадамал нахъ руссун рачӏунаредухъ, рухӏулел, риххизарулел рукӏана гьезул минаби.\nМокъокъ росу Чачаналде гочинабулеб мехалда Къурбан Гӏабдулаевасул гӏумрудул микьго сон букӏана.\nГьесда ракӏалда буго годекӏаниреги ракӏарун, къокъаб заманалда жаниб нужеца росу тезе кколин, районалдаса вачӏарав хӏакимас гьабураб лъазаби.\nГьедин, хинаб ихдалил къоялъ, хӏамуздагун гӏачиязда бищунго хӏажалъулеб къайиги лъун, къватӏире рахъана росуцоял. Амма нухда гӏезегӏан чиги хвана. Къурбаница бицухъе, кӏиго анкь бан буго гьез нухда. Нух бихьизабизе цадахъ витӏарав чиги вукӏинчӏого, кире ине кколелали лъалеб букӏун гьечӏо гьезда.\nКвеш-лъикӏ мокъокъисел Чачаналде щун руго. Ведено чӏун руго гьел. Чачаназул гӏезегӏан лъикӏал минабиги ратун руго гьенир (магӏарухъ гьез таразда дандеккун).\n«Сталинилги советияб хӏукуматалъулги буюрухъалда рекъон, нуж Чачаналде гочинарулел ругилан лъазабизе Берих росулъе НКВДялъул хӏалтӏухъаби рачӏиндал, дир кӏудияв эмен Харани Мухӏамад 13 сон барав чи вукӏун вуго. Гьелдаса инкар гьабизе лъугьунев чи, рагъул заманалъул тӏалабазда рекъон, чӏвазе къотӏулилан тӏадеги жубан буго», — ян бицунеб буго Абакар Мусаевас.\nГьедин, хӏамузда, чуязда, гӏачиязда цӏарагӏги, бусен-къайиги, квен-тӏехги лъун, гьел гьечӏез кодобги ккун, мугъзада гӏисинлъималги раччун, росаби тезе ккун руго цезаз.\nБерих росулъа чагӏаз чачаназул тӏоцересел росабалъе щвезе ичӏго къо бан буго. Херал чагӏиги лъималги ругел хъизамал кӏиго анкьидасан гурони щун гьечӏо.\nТалихӏалъ, чачаназул минабахъ цӏунтӏадерида лъикӏаланго нахърател батун буго ролъулги, бакъвараб гьаналгун хӏанилги. Аллагьас гьезул хваразул рухӏазе щвагийин гьеб, чӏаго ругезда тӏаде рачӏунел балагьал нахъчӏвазе сабаблъун ккагиян дугӏа гьабулеб букӏун буго цезаз чачаназе.\nБокьазухъ гӏезегӏан гӏи-боцӏиги букӏун буго. Заманалда цезал тӏаде щвечӏелани, бетӏергьабиги цереса ун жалго хутӏарал гьел хӏайванал цияз, бацӏаз кванан лъугӏизаризеги рес букӏанин бицунаанила Абакарил кӏудадаца.\n«Кӏудадал кутакалда ракӏбакъвала цо чемоданалъул ккараб ракӏалде щведал. Гьев гьавилалдего эбелалъул инсуца Тифлисалдаса бачӏараб месед-гӏарцул цӏураб чемодан букӏун буго гьеб. Чедел абураб бакӏалда гьеб бахчизе витӏун вуго эбелалъ гьев (дир кӏудада). Амма росуцояздасанищ лъарабали, НКВДялъул хӏалтӏухъабаз ахӏун аскӏовегун, бицинабун буго гьесда гьеб. Нахъисеб къоялъ чемодан тӏагӏун батун буго. Гьедин, буголъиялдасаги махӏрумлъун, цӏакъ ракӏбакъван рукӏанила нижер умумул.\nАмма дагь-дагьккун кӏудада ахихъанлъиялдеги ругьунлъун, пихъалдаса магӏишат гьабизе жуван вуго.\nЭбел-инсуда цадахъ тӏоцеве Грозныялде щведал, тӏолабго дунял бихьарав гӏадин лъугьун вукӏанин живилан бицуна кӏудадаца. Гьеб мехалда немцазул самолетаздасан рехарал бомбабаз риххизарурал минабазул чӏвадналцин берцин рихьулаанила жинда», — ян бицана Абакар Мусаевас, кӏудада Харани Мухӏамадил ракӏалдещвеязул.\nХадубги тӏаде жубана Абакарица, Чачаналде гочинарун чанго соналдасанги умумузул ватӏаналде тӏад русине цӏунтӏадерил гӏадамаз гьарунщинал хӏалбихьиязул хӏакъалъулъ.\nГӏемерисел балъго унаанила. Риххизарурал жидерго минабазул чӏвадназда тӏад хъощалги ран гьел ратидал, милициялъ, цӏидасан риххизарун гьелгун, Чачаналдего щвезарулаанила гӏадамал. Гьедин, цезазда жидерго ракьал цо рахъалдасан гуржияз, цогидаб рахъалдасан магӏарул мацӏ бицунел районаздаса гӏадамаз ккун ратулел рукӏун руго.\n«1952 соналда тӏобитӏараб жамагӏаталъул данделъиялда цезаз хӏукму гьабула жиде-жидерго росабалъе нахъ руссине риччаян Сталинида гьаризе. Гьедин, бакӏарун гӏарацгун, гьезул вакилзаби уна Москваялде. Цин гьез гуржиязул Шилда росулъ лъай бугей гӏаданги ялагьун, гьелда машинкаялда кьабизабула Сталинихъе хъвараб кагъат.\nКремлялда гьел къабул гьарула СССРалъул Верховный Советалъул председатель Шверникица. Гьес гьезул кагътида тӏад «Разрешить!» абун гъулбасги лъола», — ян лъугӏизабуна Берих росулъа Абакар Мусаевас кӏудадал хабар.\nГьедин, Дагъистаналде тӏад руссарал цезазул цоял жидерго росабалъ чӏана, цогидал лъарагӏлъиялде гочана. Щайгурелъул магӏарухъ хутӏараб гьезул магӏишаталда тӏубанго лалтӏамун букӏана минабиги риххизарун. Амма лъарагӏлъиялде гочарал гӏадамазги магӏишат цӏидасан гьабизе ккана, щайгурелъул гьезухъ балагьун чӏарал чагӏи рукӏинчӏелъул гъораги.\nХьуцӏил цӏурал авлахъал ракъвазарулаго, гӏезегӏан чагӏи унтана, хвана.\nДоб мехалда лъарагӏлъиялде гочаразда гьоркьов вукӏана, 5 сон бараб мехалда хъизангун цадахъ Чачаналде гочинавурав, Цицимах росулъа Мухӏамад Хӏамзатовги.\nЦезал депортациялде ккараб халкълъун рикӏкӏине хӏажат букӏиналъул суал зама-заманалдасан борхулаан гьес. Амма гьев мурадалде щвечӏо.\nГьедин чачаназе депортация цоцӏул гьабун батани, дагъистаниял кӏицӏул гочине ккана жидеца гӏумру гьабулеб букӏараб бакӏалдаса. Депортациялда рукӏанин абураб даражаги чӏезабичӏо."}
{"slug": "7884-khul-bugo-khiezh-gorkob-k-otiilarin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7884-khul-bugo-khiezh-gorkob-k-otiilarin", "title": "Хьул буго хӏеж гьоркьоб къотӏиларин", "date": "2020-04-20 11:09:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Хӏеж-Миссиялъул» цӏияв нухмалъулев, хӏажизаби гуккулел гьоркьохъаби ва пандемиялъул хӏасил\nРоссиялъул «Хӏеж-Миссия» идараялъул нухмалъулевлъун тӏамун вуго Хӏизбуллагь Асуев. Ахираб щуго соналъ гьеб идараялъе нухмалъи гьабурав Хӏамзаев Мухӏамадгун цадахъ хӏалтӏулевги вукӏана гьев. Гьеб заманалда жаниб бечедаб хӏалбихьиги гӏураб бажариги щун бугин гьесие абураб пикру бижана Хӏизбуллагьилгун букӏараб гар-чӏвариялдаса хадуб.\nХӏизбуллагь, Мухӏамад Хӏамзаевас гӏемерал соназ нухмалъи гьабуна Россиялъул «Хӏеж-Миссиялъе». Щиб гӏиллаялдалъун гьев хисарав?\n— 2015 соналдаса нахъе дун вукӏана гьесул кумекчилъун. Кӏиго соналдасан тӏамуна заместительлъун.\nИсана гьесул тӏоцевесев заместитель хӏисабалда, сенатор Иляс Гӏумахановгун цадахъ дун ун вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялде хӏежалъул суалал дандразе. Гьениса ниж нахъруссун хадуб абуна Хӏамзаевас сахлъиялъул ишги лъикӏ гьечӏин, жив хъулухъалдаса гӏодов чӏолев вугилан. Гьедин вачӏана дун гьесул бакӏалде. Ханзабазул заманалдаса байбихьун кин нилъер гьаниб хӏеж тӏобитӏулеб букӏарабали бицунеб тӏехь хъвазе тӏадкъан буго Иляс Гӏумахановас Хӏамзаевасда. Гьанже гьелда тӏад хӏалтӏизе ватила гьев.\nХӏажизабазе санагӏалъаби ургъулев\n— Сундасанха хӏалтӏи байбихьизе ракӏалда бугеб? «Хӏеж-Миссия» идараялъулъ кинал ругониги хисбасиял гьаризе ракӏалда бугищ?\n— Буго. Тӏоцебесеб иргаялда, ракӏалда буго киналго хӏажизаби жанире ракӏарулеб цо гӏаммаб база рагьизе. Цересел соназда щивав хӏажичиясул хӏакъалъулъ баянал ракӏаризе кколаан цӏар-цӏарккун. Хӏежалдаса нахъруссун хадур гурони, гьезул киназулго баянал кодоре щолароан. Гьел киналго гӏунгутӏабиги хӏисабалде росун, цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе ракӏалда буго.\nГьеб мурадалда гӏуцӏун буго цӏияб сайт. Камилал, IT-технологиялъул сурсаталгун хӏалтӏун бажарулел махщелчагӏиги ракӏарун руго гьенире. Гьединго пресс-хъулухъалдеги росун руго цӏиял чагӏи. Нижер букӏине буго инстаграмалда хасаб гьумерги. Ричӏчӏуларел суалал дандразе восун вуго къватӏисел улкабазда хӏалтӏулев консультантги.\nЦоги. Гьанжелъизегӏан РФялъул Федерациялъул Советалъул минаялда цебе рагьараб гурони, Москваялда букӏинчӏо нижерго хасаб офис. Гьанже гьебги букӏине буго. Гьединго ракӏалда буго Маккаялда, цохӏо хӏежалъул заманалда гуребги, кидаго хӏалтӏулеб букӏунеб вакиллъи рагьизе. Гьелъие санагӏатаб бакӏги батун буго нижеда.\nХӏажизабазул гӏаммаб база рагьиялъул дагьаб мухӏканго бицина. Дица хасаб пароль кьезе буго туроператорасул генералияв директорасухъе.\nГьез хӏежалде унев чиясул цӏар гьенибе реханиги, дида гьев вихьизе вуго.\nКӏиабизе, гӏемерал рукӏуна хӏужаби Дагъистаналдаса хӏажизаби татаразул яги башкиразул пуланаб компаниялъ, жидеца учузго рачунин хӏежалдеянги абун, гьезда цадахъ иналъул. Амма хирияб ракьалде щведал, гьел ратула учузал, жанир, киналгӏаги квегӏенлъабиго гьечӏел гьалбадерил рокъор парахат гьарун. Кагӏбаялдасаги цӏакъго рикӏкӏад, язихъаб хӏалалда ратула нилъер хӏажизаби, хӏатта автобусалъухъ кьезецин гӏарацги хутӏичӏого. Гьединал «гьоркьохъаби» загьир гьаризелъун нижеца гьабуна киназего рагьараб, эркенаб къагӏида. Мисалалъе, хӏежалде ине документал жанире кьурав чи жиндирго цӏаралда гъоркь нижер сайталде ваккани, гьесда батизе буго кинабго баян. Дуца кибе гӏарац кьун букӏараб, дур сапар щиб къоялъ бугеб, кинаб къокъагун мун вугев ва щив дур нухмалъулев кколев, гьединго дуе виза бачӏун бугищ- гьечӏищали кинабго хӏажатаб баян батизе буго гьениб.\n«Гьереси-гьоркьохъаби» ва макручагӏаз хӏулулел хӏажизаби\n— Макручагӏаз хӏажизаби гуккиялъул хӏакъалъулъ дагьаб мухӏкан гьабуни бокьилаан.\n— Жакъа гӏемерал руго гьединал чагӏи. Мисалалъе, Дербенталда букӏана гьедин хӏалтӏулеб къокъа. Россиялъул цогидал регионаздасаги рачӏун, жидер квота гӏолеб гьечӏилан, жалгун цадахъ рилълъайилан рачунел руго гьез нилъер хӏажизаби. Гьединал «гьоркьохъаби» тӏатинарулел руго нижеца.\nГьанже, цебе гӏадин гуреб, кинавго чиясул рес буго хӏакъикъат рокъовги вукӏун лъазабизе (интернет бугелъул).\nЖакъа Россиялда буго хӏежалде гӏадамал ритӏулеб официалияб ичӏго компания. Гьел гурел цогидал щакал гӏадамазулгун бухьен щай гьабулеб бетӏерги хӏалтӏулев, гӏакълуги бугев чияс? Дагьаб цебегӏан инстаграмалда бихьана цо гьединал макручагӏаз лъазаби тӏибитӏизабун, нусазарго гъурщиде хӏежалде рачине кӏолин, жидергун бухьен гьабейилан. Жакъа нусазарго гъурщиде хӏежалдерачунаро, гьеб буго гьереси. Гьединал гьерсихъабазда божуге. Гьел хӏиллачагӏаз махсарадеги ккун, анищлъун букӏараб хирияб ракьалде рачарал ракьцоял ратула гьезги рехун тун, гурхӏараб хӏалалда. Талихӏ кьеги, кумек гьабе жидеейилан гӏодиялде ккун рукӏуна гьел.\nКумек гьабичӏого кинха телеб бусурбанчиясе? Амма гьел махсараде ккурал чагӏаз гьабулеб жо буго я пачалихъалъул къануналда, я шаргӏалъул хӏукмуялда данде кколареб иш. Гьеб хӏисабалде босани, цӏакъ бокьилаан хӏежалде ине къасд ккарав чияс.\nХӏежалде ине бажарилин хьул буго\n— Жакъа гӏемерав чиясе рахӏат толареб суал буго дунялалда коронавирусалъ лъугьинабун бугеб ахӏвал-хӏал. Гьелъ исана хӏежалде ине квалквал гьабиладай?\n— Иляс Гӏумахановасул тӏадкъаялда рекъон, дица Сагӏудиязул Гӏарабиялда вугев нилъер вакиласулгун бухьен гьабун букӏана гьелъул хӏакъикъат лъазабеян.\nГьеб гуребги, РФялъул Динияб идараялъул ругел сурсаталги хӏалтӏизарун, дицаго бухьен гьабуна Турция, Индонезия, Малайзия ва Иордания гӏадал пачалихъазулгун, хӏежалде нух щвеялъе гьез щиб гьабулеб бугебали лъазабизе.\nСагӏудияз изну кьуни, жидеда кӏолин 200 000 чи витӏизеян абуна Индонезиялъ. Турциялъги абуна жидедаги кӏолин 80 000 чи витӏизе.\nГьединго Гӏумахановас кагъат хъвана нилъее хӏежалъул квота бикьулев Сагӏудиязул Гӏарабиялъул министрасухъеги. Гьес жаваб бачӏана ахӏвал-хӏал роцӏцӏинегӏан чӏайин абейин нужер хӏежалъул компаниязда. Гостиницаби кквезеги, цогидалъухъ харж гьабизеги гӏарац цебеккунго битӏула гьел компанияз добе.\nНилъер улкаялда буго «Хӏежалъул совет» абураб гӏуцӏиялде гъорлъе унеб анкьго муфтият. Гьезда гъорлъ буго нилъер республикаялъул Динияб идараги. Гьезухъе киназухъего битӏана нижехъе бачӏараб жаваб. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏого, И. Гӏумахановас кагъат хъвана РФялъул къватӏисел ишазул министрасул заместитель Богдановасухъе, къватӏисел пачалихъазда ругел нилъер улкаялдаса киналго вакилзабаз хӏежалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъикъат лъазабизе букӏине. Щай гурелъул, хӏажизаби нухарегӏулеб туристазулал компанияз хвезабураб гӏарац нахъ буссинчӏого, гьел налъукье ккани, кӏудияб ахӏи-хӏур бахъунелъулха. Гьедин ккечӏого букӏине, щиб гьабизе бегьулебали лъазабизе квербакъеян гьарана Иляс Гӏумахановас къватӏисел улкабазда ругел нилъер вакилзабазда. Гьезги жидерго бухьенал хӏалтӏизарун, хӏакъикъат лъазабулеб буго.\nНижер хьул буго хӏеж тӏубанго нахъ бахъиларин абураб. Мисалалъе, цӏакъго коронавирус тӏибитӏун бугел пачалихъалги гьоркьоса рахъун, Сагӏудиязул Гӏарабиялъ рес буго хӏежалде гӏадамал риччазе.\nКъокъаялда цадахъ тохтурзабиги ругони, цӏикӏкӏараб ригьалъул чиги виччачӏони, дару-сабаб гьабизе санагӏатги бугони, гьединал гӏорхъичӏваял Сагӏудиязул Гӏарабиялъги лъазарун, хьул буго хӏежалде ине бажарилин.\nЦебеккунги дица бицун букӏана исана нижеда кӏванин нилъер пачалихъалъе тӏадеги 5000 чиясе квота цӏикӏкӏинабизеян. Гьелъул хӏасилалда, нилъер улкаялдаса 25000 чиясе рес щолеб букӏана исана хӏеж борхизе. Гьезда гьоркьоса 10000 бакӏ ккола нилъер республикаялъе кьураб. Амма, дунялалда бугел ахӏвал-хӏалалда рекъон, нагагь хӏежалде ине рес щваниги, квотаялда рекъон, киназего сапар гьабизе щолареблъи хӏакъаб жо буго.\n— Соналдаса соналде хиралъулеб буго хӏежалъе харж гьабулеб гӏарцул багьа…\n— Битӏараб буго. Амма, аслияб куцалда, гьел хиралъулел руго Сагӏудиязул Гӏарабиялъул дора хӏажизабазе чӏезарулел шартӏазул багьабазда бан. Гостиницабазухъги, Минаялда ругел чадразда кондиционерал лъуралъухъги, транспорталъухъги, цогидал квегӏенлъабазухъги багьа бахунеб буго. Гьеб киналъухъго цебеккунго гӏарац кьечӏого, гьез визаги лъолароан цебе. Исанайин абуни, жибго визадухъги буго гьез 80 доллар чӏезабун, гьединго страховкаялъухъги — 45. Гӏаммаб къагӏидаялъ, исана хиралъун буго 125 долларалъ. Гьеб буго цебеккун букӏинчӏеб жо.\nКӏиабилеб гӏилла, нилъерго экономикаялда хурхараб: инфляцияги чӏечӏого хиралъулеб долларги."}
{"slug": "7894-batila-gab-khiak-ik-at-tsiunize-kkela-nizam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7894-batila-gab-khiak-ik-at-tsiunize-kkela-nizam", "title": "Батила гьаб хӏакъикъат, цӏунизе ккела низам", "date": "2020-04-21 06:35:33", "categories": ["magiarukh"], "text": "Батила гьаб хӏакъикъат,\nЦӏунизе ккела низам.\nКакилъ гӏадин рацӏцӏадго,\nЦӏодорго рукӏани лъикӏ…\nГьал рагӏаби ругеб кечӏ рехун бачӏана Туркиялда вугев магӏарул наслуялъул вас Шамилица. Кочӏол роценалда хъванги, харбие бицунги цого тема цӏикӏкӏунеб буго сверухъ къо бахъанагӏан. Тема гуреб, жибго хӏинкъиги рагьде щвечӏеб бакӏ батизе захӏмат буго.\nЛъалареб хӏалалъ хисулеб дунял, щиб, кин гьабилебали лъаларого, чанги батӏияб къварилъиялда гӏемерав чи. Гьелегьараб цӏа гӏадин багӏарлъун бихьулеб дунялалъул карта, гьеб киналъухъго гӏинбаларел гӏемерал дагъистаниял. Гьеб кӏвар гьечӏолъиялъул «бачӏинги» гӏемерлъулеб буго.\nЦӏияб къагӏидаялъ дарсал кьолел мугӏалимзаби, гьелде ругьунлъуларого цӏалдохъаби, гьеб киналъулго тохлъи цӏехон къватӏиб чӏвалел эбел-эмен. Щив гьелъие гӏайибияв, мугӏалимзабазе бокьун, гьез ургъун бахъараб жойищха гьаб ахӏвал-хӏал? Ццидал рагӏаби рехизе гӏедегӏичӏого, пикруго щайдай гьабулареб халкъалъ? Карантин бугин абун хвелги гӏелги нилъеда гьукъизе, гьоркьоб къотӏизабизе кӏолареб къадар бугелъул, рес къотӏун къватӏире рахъинчӏого гӏоларебги кколебги буго ахӏвал-хӏал. Зигараялъ аралъур ракӏарабиги руго, ригьин гьабулелги камулел гьечӏо. Магӏирокъор руччаби руго маскабиги ран зикру бачунел. Гуллидаса цӏуниялъе къолден бараб гӏадин ракӏчӏун руго гьел, кӏиго гъат ххамил бугеб маскаялда. Гьелго тадбиразда рачунел кверал, кваналеб нигӏмат. Зигараялъ рачӏине гьукъун шлагбаумал лъолел ругинги буго хабар. Цӏодорлъи гьабе, рокъор рукӏаян балеб ахӏиялъул кӏвар гӏемеразда гӏадалъего унеб гьечӏинги кколеб буго мех-мехалъ, къватӏазда хьвадулел машинаби, гӏадамал рихьидал.\nРахунел унтаби рагъаридал, ругелъур чӏей лъикӏ\nКиндай тӏамулеб буго карантиналъул заман адабияталъулгун маданияталъул машгьурал гьунарчагӏаз? Тӏоцебе гьеб суал битӏана Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъухъе. Данде жавабалъе Жамалудиновалъ Расулил гьал рагӏаби ахӏана:\n«Лъукъ-лъукъараб, хӏинкъараб Дунял ахӏдолеб буго\nЖиб хвезе бегьулилан,\nХехго кумек гьабеян…».\n— Дир низамалъул щибго хисараб жо гьечӏо, гӏемер батӏияб цӏуна-къайги гьабуларо. Росулъе щвана, тӏад юссана, ралъдахъе-нахъе хьвадула,- ян абуна Хадижатица.\nДагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев магӏарухъ ватана.\nХъвай-хъвагӏаялде вуссинеги регӏичӏого, жамагӏаталъул гӏаммаб ишалда Бакълъухъ вугин бицана гьес.\n— Росулъе цӏияб гӏатӏидаб шагьранух гьабиялде, кьо баялде тӏаделъун руго нижер гӏолохъаби гьал къоязда. Щибаб къойил хӏалтӏула нухда. Нижеца цебеккунго хӏисабалде босараб хӏалтӏи букӏана гьеб. Хӏукуматалъул гӏарац гьечӏого, нижецаго гьабулеб иш буго. Цӏияб нух бахъулеб буго, хасалоги гӏазу хехго биунеб, бакъулаб рахъалдасан.\nЖакъасеб ахӏвал-хӏал гӏамм гьабун босани, гьаб унти гӏемерисев чиясда жидерго росу-ракь, рижараб Ватӏан ракӏалде щвеялъе сабаблъун кканин ккола. Гьединго, кӏудияб унти-балагьалда аскӏоб дунялалъул боцӏи-малалъул пайда гьечӏолъиги, нилъ киналго хвезе рижун рукӏинги ракӏалде щвеялъе.\nЦоцазде рахунел унтаби рагъаридал, ругелъурго чӏейги нилъер хирияв Аварагас малъараб гьаби кколелъул, гьелде кӏвар кьуни лъикӏ киназго.\nАвар театралъул актеразул бугеб ахӏвал-хӏал цӏехана халкъалъе къиматал артистазда.\n— Дачаялда бахча-ахги къачӏан, мангалалдаги самоваралдаги гьоркьов, кӏкӏуйдул терапия гьабулев вуго, — ян абуна Гӏабдухаликъ Гӏабдулхаликъовас.\nМайсарат Гӏабдулмажидова росулъе уней, нухда йигин бицана:\n— Дуца статусалда лъураб тӏегь-хер бихьидал, шагьаралъул секциялда жаниб ракӏ хӏебтӏичӏо. Цӏилъулеб ихги бихьизе, бацӏцӏадаб гьаваги цӏцӏузе Гьаракӏуние уней йиго, — ян жаваб гьабуна, жиндиего хасиятаб кӏарчамлъиялда, халкъияй артисткаялъ.\nРосабалъ, районазда культураялъул хӏалтӏухъаби хӏалкъан, чӏамучӏлъун ратилищха, бахча-ах гьечӏев чи магӏарухъ гӏемер вукӏунарелъул.\nКарантиналъул заман киндай буго чӏарадисезулин цӏехана гьеб районалъул лъай кьеялъул, маданияталъул отделалъул нухмалъулев Шамил Мустӏапаевасда.\nКарантиналъул заманалда рекъон, лъай кьеялъул цӏияб къагӏида хӏалтӏизабиялде буссинабун буго гьеб отделалъ аслияб къуват. Живго росабалъе хьвадун хал гьабулеб буго хӏалтӏул, тӏатинарулел руго гӏунгутӏаби ва гьел лъугӏизаризе хӏаракат бахъулеб буго.\n— Карантиналда ругин абун, тӏубан хӏалтӏиги рехун тун, чӏун гьечӏо культураялъул хӏалтӏухъабиги, — ян бицана Шамилица. — Гьел хӏадурлъулел руго Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялде, хӏалтӏулел руго жидерго репертуар цӏигьабиялда тӏад.\nГьеб киналъего нугӏлъи гьабулел видео-баянал социалиял гьиназдаги лъун рихьана Шамилица. Карантиналда ругел чӏарадисезул гьунарчагӏазул кочӏолаб калам щвана социалиял гьиназде руссарал магӏарулазе гьал къоязда. Гьезул цоялда гьадин ахӏулеб буго:\n«Рикӏкӏаде, рикӏкӏаде, рагъул нухазде\nДир хабар босун а, хиялазул поч.\nХирияв васасда, дир солдатасда\nСалам бицун къоче къаси шагьримоцӏ».\nХунзахъ районалъул маданияталъул вакил Махӏач Хӏасановги чӏалгӏаде заман чӏвалев гьечӏолъи лъана:\n— Щибха гьабилеб, Гьатӏимат, гьадин рокъор чӏезе кколеб заман бачӏун бугоха. Амма гӏадада дун вукӏинищ, гьале музыкалиял тӏагӏелал реэдулев вуго рокъов. Гьаз нилъее гуребги нилъеца гьазиеги гьабизе кколелъул хъулухъ. Бигьаго росизе щолел учузал жал рукӏунарелъулха гьал. Къачӏалел руго, рацӏцӏулел руго, цо-цо гьелги рачун бакъанги биччалеб буго, дирго ракӏ чучиялъе.\nЗахӏматаб заманалда -цебесеб кьерда\nРайгазетазул хӏалтӏиги гьоркьоб къотӏун гьечӏо, «Хӏакъикъаталъулго» гӏадин. Редакторалгун жавабиял секретарал, пресс-хъулухъалъул хӏалтӏухъаби цебесеб кьерда руго хӏалтӏулел, хӏинкъиги гьезие цогидаздаса дагьаб букӏинищха. Кӏудияб квербакъи гьабулеб буго гьез районазул нухмалъулезе гьаб хӏалуцараб заманалда.\nХӏалхьиялде инчӏо Дагъистаналда бугеб бищунго кӏудияб промышленнияб предпиятие «Концерн КЭМЗ» ОАО. Жидер хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизе тун гьечӏин бицана заводалъул рекламаялъул отделалъул нухмалъулев Чӏарадаса Гӏабдусалам Халиловас. Сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазул тӏалабалги щибаб къойил камилго тӏуразарун, кӏудияб заводалъул хӏалтӏи цокӏалго нухда унеб бугин абуна гьес.\nЗаводалда жанибго бугеб цехалда жидерго тӏолалго хӏалтӏухъабазе гӏунги тӏокӏал, аза-азар медицинаялъул маскаби рукъулел руго КЭМЗалъулаз.\nКъватӏире рахъунаго, гьумер-кӏалалда маскаби райилан тохтурзабаз гьоркьоса къотӏичӏого лъазабуниги, аптекабаздаса гьел росизе щолареблъи халкъалъе цебего баянлъана. Шамил районалъул Мачӏада росулъ буго «Концерн КЭМЗалъул» рукъарулеб цех. Гьенирги рукъулел руго лъикӏаб ххамил (бацӏцӏадаб хлопокалъул), чурун чанцӏулго пайда босизе бегьулел маскаби. Хӏажалъи ккаразул мурадги тӏубан, заказал къабул гьарулел руго гьез. Гьениб букъулеб цо маскаялъул багьаги буго 40 гъурущ. Цӏикӏкӏараб къадаралъул заказ бугони — 35 гъурущ."}
{"slug": "7895-rak-i-bikharazda-l-ala-chadil-k-imat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7895-rak-i-bikharazda-l-ala-chadil-k-imat", "title": "Ракъи бихьаразда лъала чадил къимат", "date": "2020-04-21 09:46:26", "categories": ["history"], "text": "Ахираб заманалда дунялалда кколел лъугьа-бахъиназул хӏисабги гьабун, харабаз ракӏалде щвезарулел руго жидерго лъимерлъиялъул захӏматал сонал. Гьаб халкъул гӏаламалда гӏаданлъиги къохӏехьейги щибали бичӏчӏизе ва Аллагьас кьураб нигӏматалъухъ щукру гьабизе баккараб жо батилин, кибго тӏибитӏараб, унтиян угьун биччала гьез.\nКъватӏисел улкабазда карантинги лъазабун, гӏадамал рокъор чӏезарулел рукӏин лъайдал, хӏикматаб хъантӏи тӏатана цо-цо гӏадамазулъ. Рихха-хочун базаразда ва тукабазда бугебщинаб жо рокъобе баччизе байбихьана гьез. Лъагӏалица бункералъур тӏамулел ругеб гӏадаб хӏисаб букӏана хал гьабидал. Ракъи баккани, гьаб гӏорцӏараб гӏаламалъ щибдай гьабилаян абулеб рагӏула гьединазде гӏумруялъул бакӏлъи баччарал чӏахӏиял гӏадамаз.\nКваникълъи хӏехьезе лъидаго кӏвезехъин гьечӏо, гьебго заманалда лъалеб гьечӏо чадил къимат гьабизеги. Ракӏ унтула рищни-къул балел къалазда сверухъ кванил нигӏматазул гохӏал рихьидал. Гьелда гьоркьоб ккал чӏвараб чедгицин бихьуларо. Гӏемерисеб мехалда гьенибе рехун батула бакъвараб чед. Цонухалда гьеб чед бищулей кӏудияй гӏаданги йихьун, якъиялъ рощнолъа квен балагьулейдай гьей йигоян абун цӏоро-гъорон хутӏана дун. Дир пикру рагӏараб гӏадин, гьелъ абуна: «Аллагьасукьагӏагийищ нечоларел гьаб нигӏмат инжит гьабизе, рощнолъе бачӏого боцӏи яги гӏанкӏу-хӏелеко бугел гӏадамал цӏехон гьезухъегӏаги щвезабизе бегьуларищ? Чадил кесекалъухъ урхъараб заман бачӏани щибдай нужеца гьабила?» — ян.\nУнго-унгоги нилъ ругьунлъун гьечӏищ бигьаяб гӏумруялде? Дагьабгӏаги захӏмалъи тӏаде бачӏани, гьеб хӏехьезе кӏоларого хутӏулел руго. Чангиязулъ загьирлъулеб буго иманалъул загӏиплъи, аскӏов вугесул къварилъи-гӏатӏилъиялъухъ ралагьулелго гьечӏо. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз бадибчӏвай гьабуни, гьебги рихунеб буго. — Нужер заман батӏияб букӏанин, гьанже заманалда рекъон хьвадулин жал, — илан чӏахӏиязда данде чӏолел руго. Щиб кканиги нужеда хӏехьезе кӏвараб жидедаги кӏолилан кьуркьудулелги камуларо. Бетӏергьанас нилъее кьураб нигӏматалъухъ ва лъикӏлъабазухъ щукруги гьабизе, щивас жиндирго гӏумруялъул ва сверухълъиялъул хӏисабги гьабизе заман щун гьечӏищ?\nРекӏелъ иман бугесул – щукру цӏикӏкӏараб\nГьитӏинаб мехалда нижеда малъулаан нухда батараб богӏоллъи, чороклъиялдаса бацӏцӏадги гьабун, санагӏатаб бакӏалда лъезе. Масала, къадада тӏад. Гьениб лъураб чед лъицадай кваналаян хадуб халги кколаан нижеца. Цо-цо мехалда къадако бихьулаан чед бугеб бакӏалда рещтӏун. Хӏанчӏихъе щвечӏониги, хӏутӏ-хъумуралъегӏаги камулароан гьелъул пайда.\nИсламалъ нилъ тӏамула нилъее щварал лъикӏлъабазухъ ва нигӏматазухъ баркала кьезе. Квен ккола Аллагьас нилъее кьурал лъикӏлъабазул цояб. Къуръаналда абун буго (магӏна): «Нуж ракӏбацӏцӏадго Аллагьасе гӏибадат гьабулеллъун ратани, Нижеца нужее кьураб хӏалалаб нигӏмат кванай ва Аллагьасе реццги гьабе», — ян. («Бакъара», 172 аят).\nРакъиги рагъул кьогӏлъиги бихьарал харабазе захӏмалъула гӏолилаз кӏвар гьечӏого «хьвагӏун балеб магӏишат бихьидал».\nГьанже гӏадамаз басрияб ретӏел кӏкӏалахъе бан батидал, гьелъухъги валагьун, цо кӏудияв чияс абуна: «Вай, бачӏун бугеб заман! Бихъичӏеб, я рукъицин бачӏеб ретӏел гьадин нахъе рехизе ккани, кинаб ияхӏ букӏине кколеб? Цо-цояз квен чурулъецин балеб букӏуна. Рекъараб квенги гьабун чӏоларо гьел. Чехь гӏорцӏаниги, бер гӏорцӏичӏого кколелдаса цӏикӏкӏун росула кванил нигӏматалги. Кванил ва ратӏлил къимат гьабичӏогоян бадибчӏвай гьабуни, цебе букӏараб захӏматалъул бицани, ракъул заман гурин гьабиланги абун, гӏолилаз нижер хабар санго гьабуларо. Гьезда нижер ракӏунти кинха бичӏчӏилеб?» — ан.\nРагъул кьогӏлъигун ракъи бихьугеги\nНижер кӏудадал вац Султӏанмухӏамадил Малагӏарипица ракӏалде щвезабула рагъул заман, ракъул сонал:\n«Кӏиабилеб классалда цӏалулев вукӏана дун, эмен рагъде араб мехалда. Эбел колхозалдаги хӏалтӏулаан, нижерго хур-херги боцӏиги тӏубалаан. Ратӏликъго рукӏунаан. Цӏоко-къехьалъул гьабураб ретӏел-хьит букӏунаан гӏемерисезда тӏад. Ххамги, цӏакъго хираго букӏиналъ, босизе щолароан. Колхозалъул гӏемерисеб тӏощел ва рахьдал нигӏматал фронталде ритӏулаан.\nЦогидазда гӏадаб ракъи бихьизе течӏо эбелалъ нижеда. Нижер хъизамалда ункъо лъимер гурони букӏинчӏо. Цо-цо кӏудиял хъизамазеян абуни, чӏахӏ бакӏарун гурони, богӏоллъицин щолароан кваназе. Бокьоб боцӏи гьечӏелги рукӏана хъизамал. Аслияб къагӏидаялъ росулъ бижулеб ва кванилъ хӏалтӏизабулеб жо картошка букӏунаан. Белъараб картошкаги чухӏун, гьелда гъорлъ мичӏ, жух ва ччутиги жубан, дагьабго ханжуги тӏаде хӏулун, панкъал гьарулаан.\nРагъул заманалда хӏалтӏизе рахъине бажаруларел херал гӏадамал лъималаз рехун толароан. Щибаб къойил, радалги бакъанидаги, гьезие кӏи-кӏи хинкӏги парацӏиги битӏизе кколаан (хинкӏал гъорлъ релъун лъугьараб гьагӏуялда абулаан парацӏиян). Гьебги букӏунаан гъорлъе цӏамги бан бугони, цо дагьабго рахьги гъорлъе тӏун. Щибаб лъимада гьоркьоб иргаги букӏунаан. Цин тӏоцевесес цо моцӏица хьихьулаан эбел-эмен, хадусеб моцӏалъ кӏиабилесул ирга букӏунаан.\nМагӏишат гьабизе цӏакъго захӏмат букӏана руччабазе. Магӏардаса хер мугъалъ баччулаан. Гьединго, чанго километралъул манзилалъ Кӏаратӏе, исполкомалъул чуязе базеги баччулаан хер. Гьеб къо колхозалда захӏматкъолъун хъвалаан. Лъагӏалил ахиралда гьел захӏматкъоязухъ колхозалдаса цӏоросаролъги кьолаан.\nМагъилъ бекьараб ролъулги кӏиго-лъабго лал гурони тӏамулароан. Цо лалилъа хъап цӏураб ролъ щолаан, цо-цо мехалда бащдабгицин хъап цӏолароан. Росдал магъил цӏикӏкӏарасел хурзабахъ пурчӏина ва бугӏа хьалаан. Рии тӏаде щвезе моцӏ хутӏараб мехалда ролъ хьалаан, къого къо хутӏидал, пурчӏина хьалаан. Роол щуго къо индал, лъелъ хьалаан»,— абун.\nЦӏоросаролъ босизе Чачаналълъе хьвадана\nКӏудадацаги бицуна рагъда хадусел соналги расги бигьаял рукӏинчӏин.\n«Росдал мегъ колхозалъеги щибаб хъизамалда гьоркьобги бикьидал, гӏадамазе кваназе тӏощел гӏолароан. Росулъ лъикӏ бижулеб картошка бекьулаан нижеца. Картошкадухъ цӏоросаролъ яги пурчӏина хисун босизе Чачаналълъе хьвадулаан. Хӏамузда картошкаги къан, руччаби-лъималгицин унаан. Нухда анкьги балаан. Лъабго сордо-къо — добехун, лъабго — нахъе, цо къо- базаралда. Цо картошкадул гьирихъ гьедигӏанасебго къадаралда цӏоросаролъ яги пурчӏина хисулаан. Гӏарац кьун босизегицин ролъ щолароан нижее.\nДоб заманалда Чачаналълъ гӏумру гьабун рукӏана магӏарулалги. Гьеб сапаралъ хьвадулелъул гӏемерал гьалбал ва гьалмагъзаби рукӏунаан нижер. Цо нухалда Веденоса рачӏунаго, ниж цӏунтӏадерил гӏадамал чӏараб росулъе щвана. Цо херай гӏаданалъ гьоболлъи гьабуна нижее. Гьелъ нижеда цере лъурал чӏахӏиял хинкӏал жакъаги цере тӏамула. Жидеда эбелалъ малъулаанин, мискинлъизе бокьун батичӏони, нужеца киданиги гӏисинал хинкӏал гьаругеян абун бицана гьелъ.\nГьедин сапаралъ унаан хасалоги. Цӏакъ хӏинкъарал, къваридал сухъмахъаздасан хьвадизе кколаан. Дунги, гьитӏинав чи, эменгун цадахъ унаан Чачаналълъе. Хадув ругьунлъидал, гьалмагъзабигун цадахъ, дунгоги унаан. Инсуца дида малъулаан араб-хвараб жоялда хадуб ракӏ ине биччагеян. Кьурабаздаса ругел хӏинкъарал нухаздасан унелъул, нагагь хӏама хъущтӏани, гьелда хадур рортизе бегьуларин малъулаан гьес»,— ян бицунаан кӏудадаца."}
{"slug": "7910-dzhipalgun-vag-arav-vag-ichiogo-k-ola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7910-dzhipalgun-vag-arav-vag-ichiogo-k-ola", "title": "«Джипалгун» вагъарав, вагъичӏого къола", "date": "2020-04-22 14:53:11", "categories": ["bakikos"], "text": "Рада-радал хӏалтӏуде уневщинахъе, вореха дир вас, цӏодорго вукӏайилан малъа-хъвай гьабула эбелалъ дие. Дицаги эбелалъ малъухъе гьабизе хӏаракат бахъула. Гӏурччинаб канлъи бакараб мехалда гурони нухги бахунаро, нухлул ракьанчӏван гурони хьвадизеги хьвадуларо, маршруткаялде тӏаде вахунелъулги гъоркье рещтӏунелъулги рахъ-рахъалде бералги речӏчӏизарула.\nГьаб нухалдайин абуни, къосун ккана, малгӏун иблисалъ мекъи рехана.\nМаршруткаялъухъ валагьун чӏарав дун, нухлул ракьанда гурев, дагьав цеве гьункьун чӏун ватана. Гьебгиха, дидаго лъачӏого. Циндаго бихьана, пири гӏадин боржун бачӏунеб, «Джип» машина. Лъикӏалъегӏаги батагихайилан пикру гьабизехъин вукӏаго, бугоха гьединабго цоги «Джипги», гьебго хехлъиялда данде бачӏунеб. Гьел «Джипал» цоцазда дандречӏчӏизе кколаан. Амма цояб «джипалъулас» жиндирго айгъиралъул руль дун вугеб рахъалде сверизабиги, гьелъул капоталда тӏад дун рещтӏиги цадахъ ккана. Гьебго лахӏзаталда жаниб гьаб цояб «Джипалъул» хьолболъ доб цояб «Джипги» речӏчӏана. Гьаб «Джипалъул» капоталдасанги воржун, дун доб цояб «Джипалъул» нуцӏида речӏчӏана. Лъикӏго бетӏер тункиялъгӏаги батилаха, ккара-тараб бичӏчӏуларого гӏадин лъугьана.\nАмма цо чанго хьабалахъгӏучӏги кваранаб рукьги бекараблъи якъинго бичӏчӏана. Хӏал лъазе теларилан, тӏадеги вахъун, цоцалъ хурхун чӏарал «джипазул» хважаинзабазде гьоркьове лъугьине хӏаракат бахъана. Сабру гьабе, гӏолохъаби, сабруянги ахӏулаго, дун цояв цоясдаса ватӏа гьавизе тӏаделъана. Инсуца абулаан «гьоркьове лъугьиналдаса бокьове лъугьинго лъикӏаб букӏунин» абураб кици бугила магӏарулазул. Цо чанго бакӏаб зар щвараб дир гьагаб гвангвараялдаса гьарзаго би чваххизе лъугьана. Берги бачӏана гьорон- бегьуларо гъарималда гьури хъвазеги, мамент хъахӏиллъула.\nГьеб параялъ дида ракӏалде щвана магӏарул газеталда хӏалтӏулев вукӏарав, мунагьал чураяв Мухӏамадсултӏан Шахтамановас бицун букӏараб цо лъугьа-бахъин.\nАраб гӏасруялъул 90-абилел соназда модаялда рукӏана чӏарадисел, гьезде данде гьункьизе лъиего бокьулароан. Палхӏасил, Чӏарадаса гӏолохъаби цоцалъ кьабгӏезе ккун руго. Маслихӏаталъе гьоркьове лъугьун вуго цояв. Гьоркьове лъугьарасда цӏикӏкӏун щолеб гӏадатищ букӏунебали лъаларо, цояс кьабураб жоялъ цӏан витӏун лъун вуго гьев. Цо заманалдасан вигьа-вичун вачӏиндал, гьес абурабила «гьа, гьанже щибха алъул ккарабилан». Гьелъухъего, «джипалъулазде» гьоркьове лъугьарав дунги, чанго щулияб ударалдаса хадув, хварав гӏадин ауталде ккана. Лъавуде вачӏиндал, ГАИялъулги, милица-полициялъулги ва дида лъаларел цоги хъулухъазулги хӏалтӏухъаби ракӏарун ратана гьенире. Кӏиявго «Джип» рекӏарас, дидехун килщалги ритӏун, цо ричӏчӏуларел жал рицунел рукӏана. Гьеб параялъ полицаяз, тӏадги речӏчӏун, цояб бекараб, цогидаб бекизе къачӏараб кӏиябго кверги нахъехун кьурун, дун жидерго бобикалъув къазавуна. Больницаялдегӏаги вачунев ватилинха талихӏкъадазилан пикрабиги рачӏунаан мех-мехалъ, амма нахъехун квералги рухьун гьениве вачунеб къагӏида жеги бихьун букӏинчӏелъул, сундаялиго щаклъулевги вукӏана. Цо заманалдасан щвана, Ленинил лъаларо, Кировасул лъаларо, цӏар лъураб полициялъул отделениялде. Гьениб, цо къваридабго кабинеталъувеги вачун, жужахӏалъул хъаравул гӏадав цо согӏав чияс байбихьана сурав босизе.\n— Гьая, бихьинчи, бице щиб дица дуе гьабизе кколебали?- ян гьикъана гьес, гъажалда рарал цӏвабзазда кверги бахъун.\n— Дида щибго бичӏчӏуларо, ккараб жогӏаги щиб? — ан кӏалъана дунги.\n— Дудайищ бичӏчӏулареб? Дица бичӏчӏизабила гури! — ян хьвагӏун бачӏараб хъапазгӏанасеб хъаравуласул заралъ зодове «воржизавуна», дагьав цевегӏан ракьалда хъурщулев вукӏарав дун. Гьев ментасул гъажалда рарал цӏваби гӏадал жал паркъезе лъугьана берда цере.\n— Ма, гьабги цӏале, гъоркь гъулбасги гьабе, бандит, — иланги абун, гьес дида цебе рехана тӏомгӏанасеб кагъат.\nГьелда хъвараб цӏалидал иргадулаб нухалъ лъавудаса ине дагьалъ хутӏана. Амма, хӏалалъ яхӏги гьабун, ахиралде щвезегӏан цӏалана «къиса». Гьелда хъван бугоан гьадин:\n«Пуланаб къотӏносан бачӏунеб букӏана пуланав милиционерасул машина. Гьелда цевеги кӏанцӏун, пуланав чияс, ай дица, гьелъул капот хвезабуна, гьеб малаца бухана. Милиционерасул машина хӏакъир гьабулеб бихьана, жиндирго машинаялдаги рекӏун аскӏосан унев вукӏарав, прокуратураялъул хӏалтӏухъанасда. Гьеб хӏехьезе кӏвечӏев прокуратураялъул хӏалтӏухъан кумекалъе вортана. Амма дов чи, ай дун, чӏезавизе кӏвечӏо ва прокуратураялъул хӏалтӏухъанасул машинадул нуцӏа заруца бухун хвезабуна. Нуцӏида зарал ралаго, гьесул, ай дир, рукьги бекана. Гьеб гӏечӏого, бекизегӏан жиндирго бетӏер кьабгӏунги, дорожни хулиганас «хвалилаб ругъун» лъуна кӏиябго машинаялда.\n«Гьеб кинабго ритӏухъ гьабула, гӏайибалъе тӏуванго мукӏурлъула ва кӏиябго машина бецӏизе тӏаде босула». Гьедин хъван бугоан дица гъоркь гъулбасине кколеб тӏанчил ахиралда.\n— Гьанже бичӏчӏанищ дуда? — ян тӏаде гьункьун вачӏана рокьукъав милиц.\n— Бичӏчӏана, бичӏчӏунгутӏизе эниб щиб бугеб? Амма дихъа, кьварун вакъварав, харжалъул бадиве валагьун, гӏумру тӏамулев мискинчиясухъа, гьеб зарал бецӏун бажаруларо, — ян жаваб кьуна дица.\n— Бецӏун бажаричӏони — бецӏаб туснахъ!- илан диде тӏаде цӏавуцӏахъдана довго чи. — Лъабго гургинаб лъагӏел.\nПалхӏасил, иш ккана судалде. Чӏухӏарал цӏороберазда тӏасан дихъги валагьун, судияс лъабго соналъ «санаториялде» витӏизе хӏукму гьабуна.\nГьалеха, «хӏухьбахъулев» вуго ва «хӏухьбахъулеб» бакӏалдаса гьаб макъалаги хъвана.\nБокьарас цӏалила, рихарас, бихъун, нахъе рехила казият.\nАмма, бихъилелде, гьаб дир насихӏаталъулаб чанго мухъгӏаги цӏаличӏого тоге:\n«Гьудулзай, жидерго нухда унел машинабигун воре киданиги рагъуге ва нухлул ракьандасан гурони, кьвагьун хваниги, галиги бахъуге»."}
{"slug": "7942-shchuliyal-kalbazul-magiishat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7942-shchuliyal-kalbazul-magiishat", "title": "Щулиял кьалбазул магӏишат", "date": "2020-04-27 06:54:48", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Хунзахъ районалъул Тӏануси росдал Бабаюрталъулаб зонаялда бугеб «Машгьурал гӏадамал» СПК ккола республикаялъул церетӏурал магӏишатазул цояб. Пачалихъалъул гӏемерал шапакъатазда, хӏурматиял гӏаламатазда гьоркьор руго 2015 ва 2018 соназда ВДНХялда СПКялъе щварал меседил медалалги. Гьелъул ракьалъул гӏатӏилъи ккола 5200 гектар (кӏиазарго гектар Кочубей зонаялда), буго 170 бетӏер чӏегӏербоцӏул, 6600 бетӏер гӏи-цӏцӏаназул, хӏалтӏуе гӏураб къадар техникаялъул. Гьал къоязда гьенире щварал ниж дандчӏвана 10-гӏанасеб соналъ магӏишаталъе нухмалъи гьабулев вугев Зиявудин Мухӏамадовгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.\nЗиявудин, «Машгьурал гӏадамал» абураб цӏаралда рекъараб хӏалтӏи бугищ магӏишаталъул?\n— Сверухълъиялдаги заманалдаги рекъон унеб буго хӏалтӏи. Къадру- къиматалда ругел гӏадамазул цӏар хвезабиларин абун, биххизе течӏого магӏишатги цӏунун хӏалтӏана дида цере рукӏаралги.\nЖакъа гӏемерисезе бокьулеб буго шагьар, амма гьениб киназего хӏалтӏи букӏунаро ва гьединлъидал дир кинабгӏаги щаклъи гьечӏо гӏадамал дагь-дагьккун ракь хӏалтӏизабиялде руссине рукӏиналда.\nГьаб буго, магӏарухъ рукӏаго, нижер умумузе кьураб, пачалихъалъ жамагӏаталда хадуб бухьинабураб ракь. Гьаниб буго 100-110 цӏараки.\n— Нужер буго 90-гӏанасеб бечӏчӏулеб гӏака. Рахь кибе кьолеб ва дотация кин щолеб?\n— Лъагӏалида жаниб бечӏчӏула 150 тонна рахьдал. Гьеб кьола Махӏачхъалаялъул рахьдал заводалде. Гьелъул багьаги хисардула, масала, букӏана заман цо литралъухъ 20 гъурущ кьолеб. Гьабсагӏаталда кьола 19 гъурущ.\nГьелъухъ кьолел дотациялги рукӏана батӏи-батӏиял. Гьабсагӏаталда цо литралъухъ кьола 2-3 гъурущ, букӏана 7 гъурущ кьолеб мехги.\nХӏакъикъаталдаги рахь лъедасаги гӏемерго учузлъун буго. Гьебги буго жакъаги «дару» гьечӏеб «унти». Дотациял кьолел рукӏин буго кӏудияб мадар.\n— Гьединабго хӏал букӏана квасулги, ай гьеб бичиялъул пайдаго гьечӏеб. Нужеца кигӏан квас къунцӏулеб ва кинаб букӏунеб гьелъул хадусеб къисмат?\n— 2018 соналда нижеца 18 тонна бичун букӏана 135 гъурщиде килоги гьабун. 2019 соналда къунцӏараб 20 тонна гьал къоязда бичана (70 гъурщиде кило гьабун, 30-40 гъурущ дотациялъул щвелин абураб хьулалда) Черкесск шагьаралъул квас къачӏалеб комбинаталъе.\n— Къинлъул кампания кин араб?\n— Гьеб рахъалъ исана ниж разияб хӏал буго. Гьабсагӏаталда бугеб хӏисабалда рекъон, кьегӏер бахъиялъул букӏина 100-105 процент, гъоркьиса букӏана 80-85 процент.\n— Гӏи-боцӏуе гӏураб къадаралда кӏалцӏи-хер нужедаго хӏадуризе кӏолищ?\n— Лъагӏалие къваригӏуна 200-250 тонна кӏалцӏул, 2-2,3 азарго тонна харил. Гьел тӏалабал тӏурала нижецаго, гъоркьиса босизе ккана 100 тонна кӏалцӏул.\n— Исана 150 гектаралда нужеца бекьизе буго пиринчӏ. Гьеб бигьаяб хӏалтӏиги гуро. Гьелъие гӏураб къуват бугищ?\n— Гьеб хьазе хӏадурун букӏараб ракьалъул 300-400 гектар буго гьаниб. Дагьаб бугониги, санайил гьеб бекьулаан. Лъим бугони, гьеб бекьиялъе щибго къварилъи гьечӏо.\n— Гӏезабураб пиринчӏ кибе кьолеб?\n— Гъоркьиса гӏемер букӏинчӏо. Бугебги гьанире рачӏун гӏадамаз унаан босун (12-13 гъурущ кило гьабун). Гӏадамазе бичунги Краснодаралде баччунги, пиринчӏ бичиялъе щибго къварилъи гьечӏо.\nИсана бекьизе буго 150 гектаралда. Цо гектаралдаса 30-40 центнер бачӏани, нижее щола 500-600 тонна. Гьеб къадар 12 гъурщиде кьабгӏани, 7 млн гъурущ щола. Гьелдаса 3 млн гӏезабулаго ун батани, 4 млн хутӏулеб буго магӏишаталъе.\n— Хӏалтӏи нухда бачине бигьаяб заман гьечӏониги, нужер СПКялъ гӏезегӏан кумек гьабулеб буго гӏагараб росдаеги росдал гӏадамазеги…\n— Гьаб буго гӏаммаб магӏишат, гьединлъидал жамагӏаталъеги щвезе ккола ресалда рекъараб кумек. Магӏарухъ бугеб школалъе гьабуна материалияб кумек, лъимал ругьун гьаризе босана цӏияб трактор, мажгиталъе ва ясли-ахалъе гьабуна кумек, тӏубана росдал лъел суал. Росулъ вуго 80-гӏанасев пенсионер, сахӏал рахъулеб заманалда гьезул щивасе кьола нус-нус килограмм ролъул, 20-30 танг харил.\nСПКялде щварал ниж дандчӏвана 36 соналъ вехьлъун вугев Мухӏамад Гӏубайдулаевгунги (гьесдаго цадахъ руго гьесул васалги — Шамил (сураталда), Рамазан, Юсуп).\n— Мухӏамад, киналха ругел дандчӏвалел захӏмалъаби?\n— Захӏмалъулеб буго къунцӏараб квас бичи, гъоркьиса къунцӏарабги жеги бегун буго. Гьелдаса бугелъул нижер бетӏербахъи, нижее бигьалъулеб гьечӏо гьеб суал.\n— Кинаб бугеб вехьасул гьоркьохъеб хӏалтӏул къо?\n— Риидалил заманалда радал тӏаде вахъуна ва хӏалтӏи байбихьула сагӏат 4 тӏубараб заманалда, къаси сагӏат 7-8-ялда лъугӏизе тола. Гӏодоркъоял рукӏунаро, нижецаго гьаруни гурони, байрамкъоялги рукӏунаро.\n— Чан гӏиялъажо бугеб дуца жаваб кьолеб ва кинаб бугеб дуе чӏезабураб мухь?\n— Дир ва дир васазул тӏалабалда буго 1200 гӏиялъажо. Лъагӏалил мухь хӏисабалда нижер щивасе кьола 35 къинлъизесеб чахъу. Нижер щивасулги буго нус-нус бетӏер, гьелги хьихьула чӏорого.\n— Лъабавго дур васас вехьасул хӏалтӏи тӏаса бищиялдаса рази вугищ мун?\n— Васазул буго цӏала-къали, дие бокьилаан гьел шагьаралда, рекъараб хӏалтӏуда рукӏине. Амма щолеб гьечӏо хӏалтӏи. Гьединлъидал дун рази вуго гьал дида аскӏор рукӏиналдаса.\nЦинги ниж щвана 35 соналъ вехьлъун хӏалтӏулев вугев Шарап Хӏайбулаевасухъе (гьесда цадахъги вуго кӏиявго вас – Муслим ва Мухӏамадрасул).\n— Шарап, кин араб гӏи къинлъиялъул иш?\n— Гӏезегӏан захӏматгоги букӏана, амма хӏасил лъикӏаб ккана. 95 процент бахъанин ккола тӏинчӏалъул.\n— Магӏишаталъул чан гӏиялъажо бугеб дур тӏалабалда?\n— Дицаги, дир кӏиявго васасги, цоги вехьасги жаваб кьола 1200 бетӏералъул. Лъабасулго данде босун буго 800-гӏанасеб бетӏер гӏи- цӏцӏаназул. Мухь хӏисабалда нижее (щивасе) кьола 35 чахъу.\n— Дур кӏиявго вас дуда цадахъ вукӏиналдаса рази вугищ мун?\n— Дир хӏисабалда, къо бахъанагӏан бигьалъулеб хӏалтӏиги СПКялъ гьабулеб кумекги цӏикӏкӏунеб буго. Амма гӏолохъабазе бокьулеб гьечӏо гьаб иш. Диегоги бокьилароаан васал гьаб хӏалтӏуда рукӏине, амма гьез тӏаса бищун бугелъул, пашмангоги гьечӏо. Завод-фабрикалги гьечӏони, цоги хӏалтӏиги щолеб гьечӏони, рега- рахъун чӏунги нижехъа бажаруларо, магӏишат гьабизе кколелъулха."}
{"slug": "7943-rok-ob-tsiali-gabi-tsiak-zakhimatab-ish", "url": "https://hakikat.info/?nationals=7943-rok-ob-tsiali-gabi-tsiak-zakhimatab-ish", "title": "Рокъоб цӏали гьаби – цӏакъ захӏматаб иш", "date": "2020-04-27 07:14:55", "categories": ["obrazovanie"], "text": "17 апрелалда тӏобитӏараб брифингалда РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас бицана школазда лъай кьеялда бугеб ахӏвал- хӏалалъул хӏакъалъулъ. Ичӏго ва 11 класс лъугӏарал цӏалдохъабаз ОГЭгун ЕГЭ кьолеб заман чӏезабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб. Министрас абуна, гьеб заманалдениги улкаялда бугеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъиялде хьул бугин. «Нагагь экзаменал тӏоритӏиялдалъун цӏалдохъабазул сахлъиялъе зарал букӏине бугеблъи загьирлъани, гьел нахърахъизеги бегьула. Чӏванкъотӏараб хӏукму гьабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб», — ан бицана Кравцовас.\n«Тӏолгороссиялъул халгьабиялъул хӏалтӏаби тӏоритӏизе руго сентябралда, цӏияб цӏалул сон байбихьараб мехалда. Амма гьел хӏалтӏабазухъ щварал къиматал рикӏкӏине кколаро цӏалдохъабазул аттестация гьабилъун», — ан бицана министрас.\nГьединаб хӏукму къабул гьабиялъе кьучӏлъун Сергей Кравцовас рехсана учительзабазулгун, регионазулгун, лъай кьеялъул идарабазул вакилзабазулгун ва цӏалдохъабазул эбел-инсулгун гӏакълу дандбаялъул хӏасил.\nБукӏине гьечӏо Тӏолгороссиялъул цӏалдохъабазул олимпидабазул финалияб бутӏаги. «Олимпиадаялъул регионалияб бутӏаялдаги гӏахьаллъун, Тӏолгороссиялъул бутӏаялда, ай финалалда, гӏахьаллъизе ихтияр кьолеллъун РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ чӏезарурал баллал щварал 11 классалъул цӏалдохъаби рикӏкӏине руго гьелъул призераллъун. Гьезие кьезе руго хасал дипломалги», — ян бицана С. Кравцовас.\nРикӏкӏадасан лъай кьей, жакъасеб къоялъул хӏакъикъат\nРоссиялъул Лъай кьеялъул министерство хӏадурлъулеб буго рикӏкӏадасан лъай кьей тасдикъ гьабиялъул хӏакъалъулъ законалда тӏад хӏалтӏизе.\nГьединаб законалдалъун рикӏкӏа- дасан лъай кьей тасдикъ гьабизе кколин абураб пикру загьир гьабун букӏана РФялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенкоца. «Школалъул ругьунаб лъай кьеялдаса тӏубанго инкар гьабун данде кколаро. Гьебго заманалда рикӏкӏадасан лъай кьей резервалъулаб, ай жакъа гӏадинаб ахӏвал-хӏалалда яги заманалда хӏалтӏизабулеблъун букӏине гьечӏо», — ян бицун букӏана гьелъ.\nФедерациялъул Советалъул спикералъул пикруялда рекъон, коронавирусалъул пандемиялъ рес кьуна гӏадатияб лъай кьеялда цадахъго школалъулги вузалъулги цӏалдохъабазе рикӏкӏадасан лъай кьеялъеги тарихазул технологияздаса гӏатӏидго пайда босизеги. «Лъай кьеялда гьединал къагӏидаби хӏалтӏизари ккола букӏинеселде бегьараб гали. Гьединлъидал, гӏагараб заманалда гьеб къагӏида тасдикъ гьабизе ккола, рекъонкколеб законгун правоялъул низамги къабул гьабун», — ан бицана В. Матвиенкоца.\nГьелъул пикруялъул рахъ ккуна РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас. «Жакъа нилъ ккараб ахӏвал-хӏалалъги рикӏкӏадасан лъай кьеялде хехго руссине ккеялъги тӏалаб гьабулеб буго лъай кьеялъул хӏакъалъулъ законодательствоялда хиса-басиял гьари. Нижеца тӏубанго рахъ ккола Валентина Матвиенкол пикруялъул ва хӏадур руго рехсараб масъала тӏубазабиялъе квербакъулеб закон хӏадур гьабиялда тӏад хӏалтӏизе», — ян бицана гьес.\nЦӏалдохъабазе захӏмалъулеб буго\nГьабсагӏаталда коронавирус сабаблъун байбихьараб рикӏкӏадасан лъай кьеялдаса рази гьечӏо я цӏалдохъаби, я гьезул эбел-эмен, я учительзаби. Гӏаммаб Россиялъул халкъияб фронталъул «Лъималазе – ращадал ресал» абураб проекталда рекъон, улкаялда тӏобитӏана цӏех-рех. Гьелда гӏахьаллъана улкаялъул батӏи- батӏиял регионаздаса 13-18 сон барав 2695 цӏалдохъан. Цӏех-рехалъул хӏасилал рахъун руго «Российская газеталда».\nЦӏалдохъабазул 75 проценталъ абуна, жидее аслияб къагӏидаялда кьолин хъвавул хӏалтӏабиян абун. Тӏадкъаялги тӏуразарун, гьез рахъула гьезул суратал ва ритӏула учителасухъе халгьабиялъе. 56 проценталъул жавабалда рекъон, жидецаго цӏализе кколеб буго адабияталъул дарс. Батӏи-батӏиял интернет-сайтаздасан цӏалулел руго цӏалдохъабазул 54 процент ва 50 проценталъ дарсал гьарулел руго онлайн-платформабазда.\nЦӏех-рехалъул гӏахьалчагӏазул 77 проценталъ бицана рокъоре кьолел тӏадкъаязул къадар лъалаго кӏодолъанин абун. 49 процент мукӏурлъана хехго свакаялъе ва 65 проценталъе дарсал лъазаризе гӏемерго бигьаяб букӏун буго школалда, ай классалда учителас бицараб дарсида. Рикӏкӏадасан лъай босизе захӏмалъулеб бугин абуна цӏех-рехалъул гӏахьалчагӏазул щивав кӏиабилев цӏалдохъанас. Анцӏгоясда гьоркьоса анлъгояс бицана классалдаго цӏализе лъикӏ букӏанин абун ва щивав лъабабилес загьир гьабуна тӏадкъаял тӏуразаризе цӏакъ захӏмалъулин абураб пикру. Щивав щуабилев цӏалдохъанас карантин рикӏкӏунеб буго каникулаллъун, ай щибго цӏалулеб гьечӏо.\nРехселин цӏалдохъабазул цо-цо пикраби:\n— Школалда цӏали гӏемерго интересаб буго. Дарсида учителас бицараб жо лъикӏ ва бигьаго ракӏалда чӏолеб букӏана. Бичӏчӏичӏеб жо учителасда гьикъизе ресги букӏана гьениб. Рокъоб дарсазда тӏадчӏезе захӏма- лъулеб буго.\n— Тартибалде бачине ккола цӏалдохъабазе кьолеб тӏадкъаялъул къадар. Учительзабаз кьурал киналго тӏадкъаял тӏуразаризе заман гӏоларо. Нижее бихьизабун буго радал микьго тӏубаралдаса къад 12 тӏубазегӏан заман. Цо-цо мехалда тӏадкъаял тӏуразаризе ккола тӏолабго къоялъ. Дир пикруялда, букӏине ккола щивав учителас кьолел тӏадкъаязул мухӏканаб роцен ва гьеб цӏунизе ккола учительзабаз.\nГьебго цӏех-рехалда гӏахьаллъана улбузул 2400 чиги. Гьезул 48 проценталъ загьир гьабураб пикруялда рекъон, рокъосан лъимал цӏализарулаго, гьезул уна гӏемераб заманги къуватги. Гӏемерисезухъа бажарулеб гьечӏо лъимер дарс лъазабизе гӏодоб чӏезабунцин.\n62 проценталъ абуна жидер лъималазул цӏалул хӏасил цӏакъ квешлъулеб бугин абун.\nРикӏкӏадасан лъай кьеялдалъун гӏадатияб школа хисизабизе бегьуларин абураб пикруялъул рахъ ккуна цӏалдохъабазул эбел-инсул 70 проценталъ. Кидаго рокъосан цӏалулел рукӏине бокьиларин лъазабуна цӏалдохъабазул 60 проценталъги."}
{"slug": "8081-sajgidpashatsa-abuna-sajgidpashatsa-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8081-sajgidpashatsa-abuna-sajgidpashatsa-gabuna", "title": "Сайгидпашаца абуна — Сайгидпашаца гьабуна", "date": "2020-05-11 05:37:33", "categories": ["insan"], "text": "Дагъистаналда ватиларо Сайгидпаша Гӏумаханов лъаларев яги гьесул цӏарниги рагӏичӏев чи.\nХалкъалъ жиндир цевехъанлъун рикӏкӏунев, хӏалбихьи бугев нухмалъулев, гӏакъилав гӏуцӏарухъан ва бахӏарчияв магӏарулав. Гьесул хӏакъалъулъ рагӏула батӏи-батӏиял харбал. Гьайгьай, камуларо гьев рихараз Сайгидпаша какиялъул хӏужабиги. Гӏажаиблъизе кколеб жо гуроха гьеб: кивго цого хӏалалда чи къабул гьавулеб гӏадат букӏунарелъулха. Амма буго дида бичӏчӏизе захӏмалъулеб цо хаслъиги: Сайгидпаша рихарал, ай гьесул тушманзабиян абизецин рес бугел гӏадамазги абулеб буго, гьев вугилаха бахӏарчияв, бокьарав чиясда (хъулухъалъухъ яги чиналъухъ балагьичӏого) жиндир пикру загьир гьабизе бажари гӏолев дагъистаниявин абун.\nУ, гьедин буго гьеб. Гьелъие рехсезе бегьула гӏемерал мисалал.\nДагъистаниязда лъалеб батила, республикаялъе захӏматал соназда Сайгидпаша Гӏумахановасул кинаб хьвада-чӏвади букӏарабали, батӏи-батӏиял хӏакимзабигун кин гьев кӏалъаравали, халкъалъул мурадазе гӏоло кигӏан гьев къеркьаравали. Халкъалде къо ккараб заманалда,\nСайгидпашаца кидаго ккола халкъалъул рахъ. Гӏемер кӏалъазе ва берцинал рагӏаби ралагьизе бокьулев чи гуро гьев – гьесул кидаго букӏуна къокъаб ва чӏванкъотӏараб хабар.\nРечӏчӏаралъуб къалеб чӏор гӏадаб букӏуна бицараб рагӏиги. Гьабун бажарулареб иш жиндаго тӏаде босулеб гӏамалги гьечӏо гьесул, амма кьураб рагӏи кидаго ккола.\nДида Сайгидпаша Гӏумаханов лъала лъебергогӏан соналъ. Гьев киданиги какичӏо дица. Дица дирго макъалабазда бадирчӏваял гьаруна гӏемерал хӏакимзабазе (Мухӏамадгӏали Мухӏамадовасе, Мухӏу Гӏалиевасе, Сагӏид Амировасе, Надир Хачилаевасе ва гь.ц.) – гьединал дагьал рукӏинчӏо. Амма щаялиго Сайгидпаша гьединазда гъорлъе ккечӏо.\nГьесукьа хӏинкъундай? Яги гьесул гӏунгутӏиго батичӏолъиялъищ? Гьел камун рукӏунаро чиясул, гьевги малаик гурелъулха. Гьудул-гьалмагъ вукӏиналъищ? Гьев гуревги рукӏана ва руго дир гьудулзаби, гьесдасаги лъикӏалгиха. Сайгидпаша кидаго вукӏана гӏадатияв, ракӏ рагьарав инсан. Живго веццизелъун щибго абуларев ва гьабуларев. Цадахъго загьирлъулаан хӏинкъи-къай гьечӏеб бахӏарчилъиги. Гьединав ватиялъ рекӏелъеги восулаан гьев кидаго. Дида гьев вихьана 1999 соналъул августалъул лъугьа-бахъиназулъги, лъала Первомайскиялда ккарал ишазулъ гьабураб хӏаракаталъулъги ва гь.ц.\nТӏад балагьун, сабурав, гӏодове виччарав гьесул битӏахъего кьвагьун унеб хӏал лъугьуна, цониги чи яги халкъ, ялъуни гӏагараб Дагъистан хӏакъир гьариялъул хӏакъалъулъ бицунеб бугони.\nГьев куцалеб къебелъилъун лъугьана республикаялъул северияб тахшагьар. Жакъа гьев вуго нухмалъулезда гьоркьоса бищун цеве вихьулев ва халкъалъ къадруявлъун рикӏкӏунев хӏакимчи.\n«Сайгидпашаца абуна – Сайгидпашаца гьабуна» – гьеле халкъалъ гьесул адаб гьабиялъе аслияб гӏилла. Гьединаб хасият гьесулъ чанцӏулго загьирлъана, захӏматаб ахӏвал-хӏалалде республика ккараб мехалда.\nЗагьирлъана гьеб коронавирусалъ халкъ кӏвекӏулеб гьаб заманалдаги. Гӏадамал унтун руго ва гӏемер чи холевги вуго. Ресукъал ва хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал ракъун хутӏиялъул хӏужабиги дагьал гьечӏо… Гьединаб хӏалалде ккаразе С. Гӏумахановас дарабаздалъун яги кванил нигӏматалгун гӏарцудалъун кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ бицунеб буго СМИяздаги, социалиял гьиназдаги, блогаздаги. Амма къанагӏатав чиясда гурони лъаларо, гьединаб кумекалде Сайгидпашал кисиниса щибаб къоялда саламатаб къадар гӏарцул унеблъи. Гьес гьелъул хӏакъалъулъ лъиданиги бицунаро. Дидаги гьеб балъго бицана гьесул цевесев чияс.\n— Ракӏ бихъулеб буго, сверухъ лъугьа-бахъунеб кинабго бихьараб мехалда. Дида кӏоларо, дир ихтияр гьечӏо гӏадамазе, тохтурзабазе, больницабазе кумек гьабичӏого чӏезе.\nАлхӏамдулиллагь, Аллагьас дие кьун буго ризкъи ва дица гьеб бикьизе ккола мадугьалзабазе, росуцоязе, хӏалкъарал дагъистаниязе. Дир ракӏ гурхӏула тохтурзабаздаги медсестрабаздаги: жидерго гӏумруялда барахщичӏого, къеркьолел руго гьел нилъер сахлъи ва гӏумру цӏунизе гӏоло, — ян абулеб буго Сайгидпаша Гӏумахановас.\nГьеб мехалда дица гьесда ракӏалде щвезабуна аптекабазда дараби хираго ричулел рукӏиналда бан, гьес гьабураб хитӏаб. Гьев гьурмалъанго хисана – бихьулеб букӏана, гьеб масъалаялъ гьесул ракӏ унтизабун бугеблъи.\n— Дуда бичӏчӏулеб бугищ? Гӏадамал, ракьцоял, бусурбаби унтуца холел руго, больницабазда гӏолел гьечӏо унтаразе бакӏал, гӏемерисез ахирисеб гӏарцухъ ричун росулел руго дараби, унел руго рентген яги компьютералъул томография гьабизе. Дорайин абуни, зодоре рахинарун руго багьаби!\nАптекабазул бетӏергьабиян абуни, гӏадамазул къварилъиялдаса пайдаги босун, бечелъизе къачӏан руго! Гьезул рекӏеда хъинтӏулебго гьечӏо инсанасул къварилъи, гӏадамаз тӏолеб бугеб магӏу, унтаразул хвел – гьезул бидулъ бессун буго гӏицӏго гӏарац, капурго хваяб гъурущ! Гьединлъидал гьабуна дица хитӏаб, яхӏалъ къабул гьабичӏо вуцӏцӏун чӏезе. Лъала: гӏемерисезе рекӏее гӏезе гьечӏо дир кӏалъай, диде ццим бахъаралги гӏемер ратила. Дие гьелъул ургъелгӏаги гьечӏебха!\nГӏадамалищ ругел гьел?! Аллагьас къотӏила гьединазе хӏукму! Гьединаб хӏалихьатаб къагӏидаялда щвараб бечелъиялъул баракат бахинаро гьезде, — ян бицана Сайгидпашаца.\nГьал къоязда дида лъана Турциялъул Ялова шагьаралда гӏумру гьабулел дагъистаниязегун кавказалъулазе нилъер республикаялъе дарабаздалъун ва медицинаялъул алатаздалъун кумек гьабизе бокьун букӏин. Дора ругел гьудулзабаз гьарана дида, Турциялъул пачалихъалъухъаги гьениса меценатазухъаги нилъер республикаялъул нухмалъиялъ гьединаб кумек къабул гьабизе бугищали лъазабеян. Гьез абулеб буго, Турциялъул президент Реджеп Тӏагьир Эрдоганги гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб партияги хӏадур ругила Дагъистаналъул халкъазе вацлъиялъулаб кумекалъул квер бегьизеян.\nХасавюртги Яловаги вацлъи лъазабурал шагьарал рукӏин лъалев дица, гьеб хабар бицана С. Гӏумахановасда. Гьесда гьеб лъалеб батана. Амма гьес бичӏчӏизабуна гьеб масъала тӏубазе кколеблъи РФялъулги Турциялъулги дипломатазул гара-чӏвариялъул хӏасилалда. «Улкабазул нухмалъиязул накъитазул хӏасил лъикӏаб ккани, ниж хӏадурал руго гьеб ишалда гъорлъе лъугьине, ай республикаялъе хӏажатаб медицинаялъулаб кумек къабул гьабизе», — ян абуна гьес.\nКӏудияб баркала буго Сайгидпаша гӏадал дагъистаниязе – республикаялъе захӏматаб заманалда халкъалда хьолбохъ эхетаралъухъ, хӏакъикъиял ишаздалъун гьелъие кумек гьабуралъухъ. Тӏадегӏанав Аллагьасул баракат рещтӏаги дуда, Сайгидпаша!\nВа Аллагьас цӏунаги мун балагьаздасагун унтабаздаса."}
{"slug": "8082-bukiinchieb-l-iki-kkarab-kvesh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8082-bukiinchieb-l-iki-kkarab-kvesh", "title": "Букӏинчӏеб лъикӏ, ккараб квеш", "date": "2020-05-11 07:18:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 апрелалда улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница лъазабуна хӏалтӏуларел къоял 12 маялдалъагӏан халат рахъинарулел ругилан. Рекӏкӏаб «коронавирусалъ» унтаразул къадар цӏикӏкӏун гурони дагьлъулебги гьечӏо.\nУнтаразул рахъалъ дунялалдаго нилъер улка гьабсагӏат буго кӏиабилеб бакӏалда. Унтаразул къадар сордо-къоялда жаниб гӏемерлъулеб буго 10000 чиясдалъун. Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъер кӏудияб гьечӏеб республика буго щуабилеб бакӏалда. Унтаразул къадар 2200 чиясдасаги цӏикӏкӏана. Квешаб гӏузру шагьаралдаса гочана мугӏрузул районаздеги. Хӏалуцараб хӏал буго Хунзахъ, Унсоколо, Хьаргаби ва цо-цо цогидалги районазда.\nАмма бищунго квешаб ахӏвал-хӏал буго Махӏачхъалаялда. Шагьаралъул киналго больницаби унтаразул цӏун руго. «Коронагун» къеркьезе республикаялъе биччан буго 842 миллион гъурущ. Гьелда чӏечӏого кумекалъулаб квер бегьулеб буго сахаватчагӏазги.\nЧӏахӏиял регионалги нахъа тун, пашманаб сияхӏалъул борхалъуде Дагъистан кӏанцӏизе ккани, сунца нилъ гьелде рачарал? Кинал ругел аслиял гӏиллаби республикаялда гьеб гӏузруялъ гъваридго кьалбал риччаялъе?\nУргъел гьечӏолъи, дуца чӏвазе бегьула инсан\nМухӏамад Бисавгӏалиев, «Дагъистан» журналалъул редактор:\n«Нилъер республикаялда гьеб гӏузру гӏемерлъиялъе сабаблъун ккана, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамазул жагьиллъи. Дунялалала лъугьунеб жо бичӏчӏизе инкар гьабуна гӏемерисез. Кӏиабилебги, федералиябгун республикаялъул тӏалъиялде гӏадамазул божилъи гьечӏолъиялъги рачана гьелде. Гьез бицунеб битӏараб жоги мекъаблъун бихьана халкъалда.\nКӏиабилеб рахъ босани, гӏемерав чи вуго жидерго жагьиллъиялъ, Аллагьас нилъее хъвараб гурони бихьуларин чӏарал. Амма гьезда лъалеб гьечӏо, Аллагьас жидеде тӏаде балагь-къварилъи биччалаго, гьеб бичӏчӏизе гӏураб гӏакълуги кьун букӏин щивасе. Цоцоязда жидее хъвараб къадар бичӏчӏулеб буго нилъ унтизе хъван ратани унтилин, сахлъизе ратани сахлъилин абураб пикрулъун. Къадаргун гӏамал кӏиябго цадахъ букӏунин абулеб буго исламалдаги. Гӏамалги гьабун, бетӏерги хӏалтӏизабун букӏарабани, гьаблъиялде иш ккелароан.\nЛъабабилеб гьениб бугеб гӏилла ккола, нилъер гӏемерал гӏадаталги, дандеруссиналги рукӏин. Европаялдагун цогидал пачалихъазда тагӏзияталги, цадахъ ралел рузманалги, бертабиги, цоцада тӏаде-гъоркье хьвадиги, нилъер гьаниб гӏадин къуваталда гьечӏо. Гьелъги квербакъана унти тӏибитӏиялъе».\nБахӏарчилъиялда аскӏоб гӏадиллъиги букӏине ккола\nЗаид Гӏабдулагъатов, ДНЦялъул архе- ологиялъулгун этнографиялъул институталъул социологиялъул бутӏаялъул нухмалъулев:\n«Гӏемерал соназ республика букӏана хӏалтӏи гьечӏезул рахъалъ цебесеб кьерда. Чед-хинкӏалда хадур гӏолохъаби уна Россиялъул чӏахӏиял шагьаразде. Гьенир абуни гӏемер руго цогидал улкабаздаса рачӏарал чагӏи. Гьеб коронавирусги гьез босун бачӏана нилъер пачалихъалде. Гьезулгун бухьен гьабунщиназ бачӏана гьеб Дагъистаналдеги.\nКӏиабилеб гӏилла буго нилъер гӏадамал гӏадлу-низамалъе мутӏигӏлъуларел рукӏин. Кавказалъул рагъ унеб заманалда цо гӏурусас абун буго кутакалда бахӏарчияб халкъ бугин Дагъистаналъул, амма гьечӏин кинаб букӏаниги тадбир, ракӏа-рахари. Гьеб гьечӏолъи бихьулеб буго жакъаги.\nКарантиналъул низам лъазабизеги ва цӏуна-къаялъул тадбирал гьаризеги нилъ кватӏун ккана. Нилъ гаргадулел ругебгӏан заманалда жаниб, балагье Вьетнамалъ гьабураб тадбир бихьизе. Аэропорталда унтарав загьирлъаравго, хех гьабун къватӏисан каву рахана гьез ва кинабго къуват буссинабуна улкаялда унти тӏибитӏичӏого букӏиналда данде. Гьелъ лъикӏаб хӏасилги кьуна».\nАгъаз гьечӏолъи ва…\nМухӏамадрасул Мухӏамадов, биологиялъул гӏелмабазул доктор, Россиялъул гӏелмабазул академиялъул член-корреспондент:\n«Нилъер медицинаялъул жакъа бугеб сурсаталъул хӏисаб гьабуни, гьеб гӏузругун къеркьезе гӏураб бажари гьечӏо сахлъи цӏуниялъул идарабазул. Гьединго, авалалдаго мекъаб нух тӏаса бищана гьеб гӏузругун къеркьолагоги. Дир пикруялда, цӏакъго захӏматго ругелги больницаялде рачун, унтаразул 80 процент сах гьаризе бегьулаан рокъо-рокъореги хьвадун. Гьеб мехалъ унтарал регизаризе бакӏги гӏелаан, дару-сабабалъулги мукъсанлъи букӏинароан?\nГьединго, тӏуванго чи рокъов туснахъ гьавиялъулги пайда кӏудияб бихьуларо дида. Цӏияб гьава цӏазе ралъдахъе тирасверизе щай риччазе бегьуларел гӏадамал? Ралъдахъан пулеб гьаваялъ инсанасул сахлъи щула гьабиялъе квербакъулеблъи цебего лъалеб хӏакъикъат буго. Гьединал тадбиралги хӏисабалде росун рукӏаралани, иш роцӏцӏинеги рес букӏана».\nХадурагӏи\nДунялалъул пачалихъазде дандеккун, нилъер улкаялда хваразул къадар бищун дагьаздаса цояб бугин хъвалеб буго информалатаз. Жакъа къоялде «коронавирусалъ» бищун цӏикӏкӏун чи къадаралде щун вуго СШАялда (71 000). Ахирисел баяназда рекъон, коронаялъ унтаразулги (1, 2 миллион чи), гьелъ гӏажалалде рачаразулги рахъалъ СШАялъ дунялалдаго чӏел босун буго. Кӏиабилеб бакӏалда буго Великобритания (29500 чи). Бищун цӏикӏкӏун гӏадамал холеб рукӏараб Италиялда эпидемия гӏодобцун буго."}
{"slug": "8084-giadamal-khvasar-gariyal-ul-muradalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8084-giadamal-khvasar-gariyal-ul-muradalda", "title": "Гӏадамал хвасар гьариялъул мурадалда", "date": "2020-05-11 07:38:43", "categories": ["med"], "text": "Жакъа нилъер тохтурзабазгун медсестрабаз бахъулеб хӏаракат – гьеб буго унго-унгояб бахӏарчилъи загьирлъулеб гьунар. Щибаб секундалъ жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, къеркьолел руго гьел аза-азар унтарав хвалдаса ворчӏизавизе гӏоло.\nНужее, хӏурматиял тохтурзаби, бетӏер къулула ва ракӏ-ракӏалъ баркала кьола!\n«Республиканский урологический центр» абураб ГБУялъул бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиев дида лъала лъебергогӏан соналъ. Централда гьев хӏалтӏулев вуго 26 соналъ, ай гьеб рагьараб къоялдаса нахъе. 1996 соналдаса нахъе гьес нухмалъи гьабулеб буго рехсараб централъе. 1980-абилел соназда вукӏана Централияб больницаялъул урологияб отделениялъул заведующийлъун.\nГьев гӏадав гӏадатияв, сахаватав инсанги тӏадегӏанаб даражаялъул махщелчиги ватизе захӏматаб иш буго. Сардил кватӏараб гӏужалдацин, гьевги ворчӏизавун, гьесие дурго къварилъи загьир гьабуни, ракӏчӏун абила: гьеб параялъго тӏаде вахъине вуго гьев, дур мурад тӏубалеб нух батизе. Къваригӏелги тӏубан гурони, жиндирго рокъове тӏад вуссинеги гьечӏо. Мухӏканго абуни, рокъовецин унаро – хӏалтӏудаго вукӏине вуго, ракӏалъ тӏаса бищараб ишалдеги машгъуллъун. Чан чиясул гӏумру хвасар гьабураб гьес хвалил гудракьа…\nАмма жакъа, ай гьаб захӏматаб заманалда, бигьаго гьечӏо Дибириецин – кигӏанги хӏалбихьи щварав тохтур ва нухмалъулев гьев ватаниги. Микьабилеб къо буго гьесул хӏалтӏудаса рокъовего инчӏого. Гьесда цадахъ хӏалтӏулел руго цогидал хӏалтӏухъабиги.\n«Дир хӏалтӏухъабаз тӏадчӏун хӏаракат бахъулеб буго унтарал сах гьаризе. Ракӏалдаго гьечӏого гӏемерлъарал унтараз битӏахъего хӏухьел цӏазе рес кьолеб гьечӏо тохтурзабазеги медсестрабазеги, амма цонигиясул зигарди дида рагӏичӏо. Щивав къеркьолев вуго къо хӏехьезе ва гӏаммаб иш нухда бачине.\nДовегӏанги чӏун, цогидаз гьабулеб жо какизе цӏакъ бигьаяб иш буго.\nГьаб жакъасеб ахӏвал-хӏал дида релълъун бихьула Кӏудияб Ватӏанияб рагъул байбихьиялда.\nУ, авалалда рукӏана гъалатӏал, загьирлъана тӏуразаризе захӏматаб масъалаби. Амма нижехъа бажарана къокъабго заманалда кинабго нухде ккезабун, ахӏвал-хӏал лъикӏаб рахъалдехун сверизабун.\nКӏудияб баркала буго ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасе, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовасе – кумек гьабиялъухъ, хӏалтӏуе хӏажатал дарабаздалъунги хасаб ратӏлидалъунги хьезариялъухъ», — ан бицана Урологияб централъул бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиевас. Централъул лъабабилеб ва ункъабилеб тӏалаязда хӏадурун руго пневмониялъ унтаразе палатаби. Цогидал хӏалтӏухъабигун цадахъ дунги щвана щивав унтарасухъе, гьабуна гьезулгун гара-чӏвари. Киназго цокӏалго баркала кьолеб буго тохтурзабазеги медсестрабазеги. Гьез абулеб буго, бищун цӏакъал шартӏал гьаб больницаялда гӏуцӏун ратанилан абун.\nБищун лъикӏ хӏалтӏулев тохтурасда яги медсестраялда цӏар чӏвайилан дица абидал, бетӏерав тохтурас абуна, киналго реццбакъалъе мустахӏикъал ругин абун.\n«Киналго руго хӏалчӏахъадал, бахӏарзал!» — ан абуна гьес.\nЖиндиего бокьун, Централда хӏалтӏулей йиго ДГМУялъул студентка Башат Ибрагьимова. Цебеккун гьелъ лъугӏизабуна Буйнакскиялъул медучилище.\n— Битӏараб бицани, киса-кирего гӏадамал унтараб заманалда рокъой чӏезе кӏвечӏо дида. Яхӏ-намусалъ течӏо рахӏат, — анги абун, гьей ана «багӏараб зонаялде».\nГьей бахӏарчияй студентка ккола Гумбет районалъул Чӏиркъатӏаса.\nГьелъул кӏудияв эмен – Ибрагьим Ибрагьимов – вуго гӏемерал соназ школалда хӏалтӏарав учитель, росдал Тарихалъулгун гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялъул директор.\n— Рагъул фронталда йигейлъун тезе бегьула дир васасул яс. Гьайгьай, гьелъул ургъалида вукӏуна дунги. Амма чӏухӏула, халкъалде бачӏараб балагьгун къеркьезе Башатил гьунар гӏеялдаса, — ян бицана Ибрагьимица.\n24 апрелалда рагьараб пневмониялъ унтаразул отделениялда 7-8 маялда къватӏире риччазе руго тӏоцере гьенир къабул гьарурал унтарал.\n— Мониторалдасан дица хал кколеб букӏана дир тохтурзабигун медсестраби захӏматал унтаралгун хӏалтӏулеб куцалъухъ. Дир бадиса чвахизе байбихьана магӏил гарал – ракӏ унтун букӏана унтаразда гурхӏун. Гьелдаса нахъе дида кӏвечӏо рокъове ине. Инеги инаро, ахирисев унтарав сахлъизегӏан, — ин бицана Дибир Хӏажиевас.\nЩуабилеб маялда Дибирица кӏодо гьабуна живго гьавураб къоги. Гьебгиха, больницаялдаго…\n«Хӏакъикъаталъул» коллективалъ баркула Дибирида гьавураб къо ва гьарула щулияб сахлъиги хӏалтӏулъ бергьенлъабиги."}
{"slug": "8086-kvararab-khasiyatal-ul-insan-vukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8086-kvararab-khasiyatal-ul-insan-vukiana", "title": "Кьварараб хасияталъул инсан вукӏана", "date": "2020-05-11 09:58:53", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Доб букӏана иргадулаб нухалда Бергьенлъиялъул байрам кӏодо гьабизе хӏадурлъулеб заман. Кӏаралазул годекӏанир хабар-кӏалалда ругел ригь арал росуцояз дидаги дир ишоял-газетачагӏаздаги гӏайиб чӏвана Буйнакск шагьаралда гӏумру гьабун вукӏарав Залумхан Расуловасул хӏакъалъулъ хъвачӏогойилан.\n— Рагъулав офицер, чанго орден-медалалъул бетӏергьан вукӏана гьев, — ан кӏалъана хараби.\nЗаманалдасан дир рес рекъана гьесул вацасул вас, гӏемерал соназ Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал гьоркьохъеб школалъул директорлъун хӏалтӏарав, гьанже нилъгун гьечӏев Надирбег Мухӏамаддибировасулгун бухьен гьабизе ва гьес бицаралъулги кодоре щварал документазулги кьучӏалда хъвараб буго гьаб материалги.\nГьавуна Залумхан 1913 соналда.\nГьесул эмен Расул вукӏана сагӏтал къачӏалев чи. Залумханил къисматалъулъин абуни хасаб бакӏ ккуна эбелалъул рахъалъ гьесул имгӏал, советияб власталъул тӏоцересел соназ лъай кьеялъул Гӏахьвахъ райотделалъул заведующийлъун хӏалтӏарав ва жиндир квербакъиялдалъун Кӏаратӏа школалъе мина барав Исмагӏил Гъалбацӏовас. Анцӏго сониде вахарав Залумхан гьес Буйнакск шагьаралъул тӏоцебесеб педагогикияб училищеялда цебе рагьараб магӏарулазул интернаталде кьуна. Дол соназ гьевгун цадахъ интернаталда цӏалулел рукӏун руго Гӏабдурахӏман Даниялов, Мухӏамад Шамхалов ва цогидалги. Интернаталда цӏалулаго гьесие лъикӏаб лъайги щвана. Гьелъ Залумхание рес рекъана Ростовалъул советияб дармил институталде цӏализе лъугьине ва гьеб бергьенлъиялда лъугӏизабизе. Тӏадегӏанаб лъай щварал тӏоцересел кӏаралазул цояв вукӏана гьев.\nБагӏараб Армиялда хъулухъ гьабизе Залумхан ккана Каспиялъул рагъулгун ралъдал флотилиялде. Гьениб тӏамураб ункъо соналъ магӏарулав ругьунлъана захӏмалъабазе къуркьунгутӏизе, тӏадкъараб иш гӏуждаги мухӏкангоги тӏубазе. Лейтенантасул чиналда тӏадвуссана росулъе. Заман инелдего вищана райисполкомалъул секретарьлъун ва хӏалтӏана 1939 соналъул 7 августалде щвезегӏан.\nБайбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Сонисев офицерас рагъулаб комиссариаталде гӏарза хъвана жив фронталде витӏеян ва 1941 соналъул 19 августалда гьес цӏидасан солдат-форма ретӏана: ккана Новороссийск шагьаралъе гӏоло рукӏарал цӏоб гьечӏел рагъазулъе, хадув витӏана Севастополь цӏунизе — ралъдал пехотаялъул 8-абилеб бригадаялде взводалъул командирлъун. Гӏемераб би гӏодобе тӏураб рагъ ккана «Мекензиялъул мугӏрул» станицаялъе гӏоло. Гьеб рагъулъ Расуловас бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ хъван букӏана фронталъулал газетаздаги: тушмангун анцӏила цо нухалда квержубараб рагъде лъугьана магӏарулав, лъукъа-къотӏи ккечӏогоги ворчӏана. Гьесул гьунар Ватӏаналъ «Багӏараб цӏва» орденалдалъун кӏодо гьабунги буго.\nСевастополь шагьаралъе гӏоло рагъазул цоялда минадул кесек щун лъукъана Залумханил квегӏаб бох ва гьев сах гьавизе Буйнакскиялъул рагъулаб госпиталалде витӏана. Доб заманалда гьеб В. И. Ленинил цӏаралда бугеб школалъуб хӏебтӏун букӏана. Таманав кӏвекӏана гьев унтуца ва ахирги, рагъулал ишазе ярагьунаревлъунги гьавун, рокъове витӏана.\nБайбихьана ракълилаб захӏмат. Гьаниб унго-унголъунги цебе рехана Расуловасул бажариги гӏуцӏарухъанлъиялъулаб махщелги. Цин Буйнакск шагьаралъул исполкомалъул секретарьлъун, хадув горисполкомалъул председателасул заместительлъун вищарав гьесде тӏаде ккана гочун рачӏаразулгун хӏалтӏи гьабиялъул, ФЗУязде, ремесленниял училищабазде, щулалъаби гьариялъул хӏалтӏабазде гӏолилал ритӏиялъул, рагъде аразул хъизан-лъимал хӏалтӏудалъун ва къваригӏараб-хӏажаталдалъун хьезариялъул суалал. Тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадгоги тӏубана.\nТӏалъиялда ругезда бихьана сонисев офицерасул ритӏухъаб хасият ва гьев КПССалъул Буйнакск шагьаралъул комитеталъул инструкторлъун тӏамуна, хадув вищана партиялъул горкомалъул секретарьлъунги. Бокьун буго гьенив хӏалтӏулаго ккараб цо хӏужа рехсезе. Складалде буссинабун букӏана шагьаралъул мажгит. Жамагӏаталъ Залумханида гьарана гьелъул хӏалтӏи цӏигьабизе квербакъеян. Гьединаб ишалъухъ жиндир ботӏрода квер бахъулареблъи ва партиялъул билеталдаса махӏрумлъизе бегьулеблъи лъаниги, гьес рагъухъабазул взводги тӏамун, къайи-цӏаялдаса мажгит эркен гьабуна ва гьеб хӏалтӏизе байбихьана. Гьесул кьвариялъухъ ва бихьинчилъиялъухъ баркала хӏисабалда жамагӏат, гӏарацги босун, бачӏана Расуловасухъе. Гьес ахӏун вачӏарав шагьаралъул банкалъул управляющиясухъе кьезабуна жамагӏаталда гӏарац ва гьеб фронталъе тӏадеги кумек хӏисабалда оборонаялъул фондалде кьуна. Гьелъухъ шагьаралъул жамагӏат И. В. Сталинил баркалаялъеги мустахӏикълъана.\nЦоги хӏужа. Гьеб ккана Залумхан шагьаралъул прокурорасул кумекчилъун хӏалтӏулеб 1949 сон. Цӏогьалъе гӏоло гьитӏинав гӏолохъанчи тамихӏалде цӏазе кколаан. Гьесие суд гьабулаго, пачалихъияв гӏайиб гӏунтӏизабулев хӏисабалда гурев, гьев цӏунулевлъун цеве вахъана Расулов ва ритӏухъ гьавурав гӏолилав рокъовеги вачун кваназавуна, цӏияб партал-хьит кьун нахъе виччана. Гьаракь борхараб хабар ккана рехсараб ишалъе гӏоло Расуловасдаги шагьаралъул прокурорасдаги гьоркьоб. Гӏаданлъиялъул, чилъиялъул нухдасан унаго жинца ритӏухъаб гали тӏамун букӏин бичӏчӏизабизе бажарана прокурорасда…\nХадур рукӏана дармил идарабазда — районазда гьоркьосеб заготживсырьеялъул директорлъун, общепиталъул горторгалъул, книготоргалъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулел сонал. Жиндиего хасиятаб ракӏбацӏцӏалъиялдаги жавабчилъигунги тӏурана гьес гьел хъулухъал ва гӏадамазулги нухмалъулезулги баркалабазе мустахӏикълъана.\nРагъдаги ракълилаб захӏматалдаги З. Расуловасда бихьараб гӏакъуба-къварилъи, гьесул бахӏарчияб ва свак лъалареб хӏал тӏи гӏемерал шапакъатаздалъун кӏодо гьабуна Ватӏаналъ. Ватӏанияб рагъул орденалъе, «Севасто- поль цӏуниялъе гӏоло», «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» ва жеги анцӏго медалалъе мустахӏикълъана гьев.\nХвана Залумхан 1987 соналъул декабралда, вукъун вуго Буйнакскиялда."}
{"slug": "8087-rag-ul-bakhiarchigi-khialtiul-tsevekh-angi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8087-rag-ul-bakhiarchigi-khialtiul-tsevekh-angi", "title": "Рагъул бахӏарчиги хӏалтӏул цевехъанги", "date": "2020-05-11 10:26:25", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Атал Гӏабдурахӏман вукӏана Къахӏиб районалдаго (Шамил) машгьурав чи. Абулаан, Гӏабдурахӏман кколаанин районалдаго тӏоцебе тӏадегӏанаб лъай босарав учителиланги.\nГӏабдурахӏман гьавуна Гӏурада росулъ. 1940 соналда, анкьго сонилаб школа лъугӏарав гӏолилав, Буйнакскиялъул педучилищеялда цере рукӏарал байбихьул классазул учительзаби хӏадур гьарулел кур сазде цӏализе ана. Гьенисан Аталаев витӏана Лъаратӏа районалде учительлъун хӏалтӏизе.\n1942 соналда, жиндиего бокьун, гьев хӏалтӏул армиялде ана. Хандакъал рухъиялда гьабураб жигаралъухъ мустахӏикълъана «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» медалалъе. Гьениса вуссиндал, Аталаев хӏалтӏана гӏагараб районалда учительлъун, директорлъун ва ОНОялъул инспекторлъун.\nУнеб букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Щибаб къоялъ гӏадин росулъе рачӏунел рукӏана чӏегӏерал кагътал. Фашистаздаса къисас босизе бокьарав Гӏабдурахӏманица, фронталде витӏеян гьарун, военкоматалде чамалиго гӏарза хъвана. 17 сон гурони бачӏев гӏолилав, жинцаго тӏаде цо сонги жубан, гӏарзаги кьун ана рагъде.\n«16 марталда ниж щвана Гуржиялъул Гори шагьаралде. Цадахъ вукӏана кӏиго ракьцоявги: Тӏелекьа Расул Шехгӏалиев ва Гьоориса Мухӏамад Давудов. Расул рагъдаса вуссана кверги лъукъун, «За отвагу» медальги босун, Мухӏамад — бохги гьечӏого, «Багӏараб Цӏва» орденги каранда бан, — ан ракӏалде щвезабулаан Аталаевас.\n1944 соналда Белоруссиялъул ракьалда унел рукӏана захӏматал рагъал. 23 июналда байбихьана «Багратион» операция. 11-абилеб армиялъул Багӏарбайрахъулаб дивизиялъул 27-абилеб Городокскиялъулаб гвардиялъулаб полкалъул кӏиабилеб батальоналъул щуабилеб ротаялда гьоркьов гьеб операциялда гӏахьалъана Гӏабдурахӏман Аталаевги. Рагъ букӏана вахӏшияб, кӏиябго рахъалъан гӏемерал камиял ккараб. Тушманасул кӏиго пулеметалъ, цӏад гӏадин, тӏаде балеб гуллица щуабилеб рота гьужумалъ цебе ине биччалеб букӏинчӏо. Амма, рекерунги хъурщунги ун, советиял рагъухъаби гьужумалъ инчӏого чӏолел рукӏинчӏо. Гӏабдурахӏман тӏоцеве щвана тушманасул пулеметчикал ругеб дзоталде аскӏове. Гьес гьенибе рехараб гранатаялъ дзот щущазабуна. Пулеметалъул гьаракь къотӏана ва рота цебехун ана.\nВитебск областалъул Орш шагьаралъул бакъбаккул рахъалда оборона ккун чӏарал немцаз гьужумалъ рачӏунел нилъер рагъухъабазде гӏарада балеб букӏана. Гьениб ккараб кутакаб рагъулъ Гӏабдурахӏман лъукъана. Захӏматаб хӏалалда вугониги, Аталаевас взводалъул командир Алексеев хвалдаса хвасар гьавуна.\nДуего цӏодорлъи гьабичӏого, лейтенант щай дуца хвасар гьавуравин полкцояз цӏехедал, гьес абуна: «Гьев ккола дир командир, кӏиабизе — гьанжего гьанже гьес бана 18 сон. Гьаб букӏана гьесул тӏоцебесеб рагъ, гьелъ батила гьев дагьавго хӏинкъаравги. Дун гьесда гурхӏана», — ян.\nЖивго Гӏабдурахӏманги вукӏана хвасар гьавурав лейтенантасдаса цо чанго моцӏалъ кӏудияв. Гьесулги букӏинчӏо рагъулаб хӏалбихьи, амма магӏарулав хӏадур вукӏана гьалмагъ хвасар гьавиялъе жиндирго гӏумру кьезе.\nХадусеб къоялъ гьужумалъ унаго гьев захӏматго лъукъана. Аталаев санчасталде витӏана.\nХалатаб букӏинчӏо Аталаевасул фронталъулаб нух — гӏицӏго лъабго моцӏ бана гьес кьалул майданалда. Гьеб къокъабго заманалда жаниб гьесда лъана рагъул кьогӏлъиги, фашистазул вахӏшилъиги, бихьана биги, гӏетӏги, магӏуги. Вагъана бахӏарчилъиялда, ритӏухъавлъун вукӏана Ватӏаналъе бараб гьаялъе ва хӏадур вукӏана улка цӏуниялъе гӏоло гӏумру кьезе.\nРагъда бихьизабураб бахӏарчи лъиялъе ва къохӏехьеялъе гӏоло гьев мустахӏикълъана тӏоцебесеб даражаялъул Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ва лъабабилеб даражаялъул Реццалъул орденазе…\nГӏабдурахӏман росулъе вуссана кӏиабилеб группаялъул инвалидлъунги лъугьун.\nГьелдаса нахъе пенсиялде инегӏан Аталаев хӏалтӏана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъул хӏалтӏабазда: учительлъун, завучлъун, директорлъун, ОНОялъул инспекторлъун ва республикаялъул лъай кьеялъул министрасул кумекчилъун. Аталаевасул чӏаголъиялдалъун Лъаратӏа росдал байбихьул школалъе бана цӏияб мина, Гӏурада росулъ рагьана гьоркьохъеб школа ва гьелъиеги бана цӏияб мина.\nАталаевасул вукӏарав цӏалдохъан Нигӏматула Нурмухӏамадовас гьадин ракӏалде щвезавуна жиндирго учитель: «Доб букӏана 1952 соналъул августалъул ахир. Ниж унел рукӏана районалда цохӏо букӏараб Къахӏиб школа-интернаталде. Хӏухьбахъизе гӏодор чӏарал нижеда тӏаде вачӏана борхатаб черхалъул, берцинаб куц-мухъалъул гӏолохъанчи. Гьесухъ кодоб ккун букӏана гьитӏинаб лъимер, хадуй йикӏана мукъсанабго черхалъул гӏурус миллаталъул гӏадан. Саламги кьун, гьес нижер кверал рачана. Гьедин дир лъай-хъвай ккана Атал Гӏабдурахӏманилгун. Гьев вукӏана гӏадатияб гӏамалалъул, киназего вокьулев лъикӏав учитель ва унгоунгояв тарбиячи. Гьес нижее кьолаан тарихалъул дарсал. Жиндирго предмет гьесда цӏакъ лъикӏ лъалаан, учебникалъул бокьараб гьумералда бугеб жо рекӏехъе бицунаан. Цӏалдохъанасда баянал-хӏужаби кӏочани, абулаан: «Рагье пуланаб гьумер ва цӏале пуланаб абзац», — ан. Гьесул дарсазде ниж гъираялда унаан. Цӏияб дарс бицунаан гӏадатго, рекӏелъе бортулеб къагӏидаялда. Гьесул дарсазда лъиениги щолароан мустахӏикъал гурел къиматал. Цӏалул заманалда Аталаев вукӏана кьварарав ва тӏалаб цӏикӏкӏарав учитель, амма экзаменазда гьев киданиги лъугьунароан гӏунгутӏаби ралагьизе, гьелъул гӏаксалда, гьес цӏалдохъабазе ракӏ-макӏ ва бегьулеб кумек гьабулаан», — ян.\nАталаевасул хӏакъалъулъ бицунеб мехалда, Гӏурада росулъа пенсионер Мухӏамад Чӏегӏеровас абуна, гьев вукӏанин Аллагьасго пагьму-гьунарги лъай-махщелги кьун, кӏодо гьавурав чийилан.\nГӏемерал соназ учительлъунги районалъул ва республикаялъул лъай кьеялъул идарабаздаги хӏалтӏарав Гӏабдурахӏманил вацасул вас Мухӏамад Аталаевас абуна: «Гъваридаб лъалкӏ тана мунагьал чураяс ракьалда. Гьес гьарурал чӏахӏиял ишазул, гьесул бихьинаб гӏамал-хасияталъул бицине дида рекъон букӏинаро.\nЭбел гурей, нахъа кверчӏвазе чи гьечӏев бесдалав вукӏана дун. Гӏумруялда жаниб дун вахараб борхалъиялде мали чӏварав чи ккола Гӏабдурахӏман. Дие гуребги, гьев вукӏана гӏагарлъиялъего мугъ чӏвалеб хӏубилъун. Кинаб букӏаниги, гьесул кумек щвечӏеб хъизан Гӏурада росулъ хутӏунго батиларо», — ян."}
{"slug": "8088-daiml-iyalde-aral-tsiaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8088-daiml-iyalde-aral-tsiaral", "title": "Даимлъиялде арал цӏарал", "date": "2020-05-11 10:45:10", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Гьазулги рукӏун ратила анищал. Гьалги роржунел рукӏун ратила, талихӏалъул куркьбаздаги рекӏун, жидерго цӏваялъухъе. Гьазги гьабун букӏун батила къотӏи гӏолиллъиялъул нухазда рокьилъун кенчӏезеги, нурлъун гвангъизеги, тӏугьдуллъун тӏегьазеги. Кодоб талихӏалъул кӏулги ккун, анцӏила микьиде каву къирарал гӏолилал. Гьазул щивасулги букӏун батила жидерго къисматалъул хӏикматаб сага. Гьаниб тӏегьазе букӏанщинаб…\nХъахӏал къункърабазде руссун ратила\nАмма «метер» байбихьараб рагъалъ мерхьана, тӏутӏун бана гӏумруялъул сага.\nВа гӏолилазда рагӏана ватӏаналъул ахӏи. Гьаз къомех лъикӏ гьабуна тӏегь базе лъугьарал анищазулгун. Рокьи хисизе ккана тушманасде бижараб цциналъги рокьукълъиялъги. Азаазар советиял гӏолилазул кьеразулъе журана дир гӏагараб Тӏануси росдал гӏолилалги. Гӏодулел сариназ нухарегӏана гьел…\nГьанжего гьанже рокьул махӏ чӏвазе лъугьарал гьазда дандчӏвай гьабуна рагъул авлахъалда бетараб бидул махӏалъ. Метер гьабизе букӏаралда щвана рекӏкӏаб гула. Гьелъго лъукъана ахӏизе щвечӏеб талихӏалъул кечӏги.\nГӏагараб росдал аслияб майдан. Гьенибго – рагъдаса руссинчӏезе бараб памят- ник. Гьенир рикӏарал цӏарал цӏалидал, сири бала тӏолабго черхалда, цӏидасанги ссудизе лъугьуна доб вахӏшияб рагъул гӏасиял ругънал…\nБергьенлъиялъул багьаги цӏакъго хирияб букӏана – рагъул майданалда хутӏараб 27 миллионалдасаги цӏикӏкӏун талихӏ, чӏинтӏарал пикраби, чӏунтарал анищал, речӏарал хьулал.\nНакабиги ракьалда чӏван, кӏиябго кверги зобалазде битӏун, гьарулеб буго Тӏадегӏанасда:\n— Бихьизе биччаге жакъасебги, хадусебги, гьелда хадуселги гӏелазда рагъул кьогӏлъи, абадиялъего рещтӏараб батаги гьезул къисматалда талихӏалъул нур.\nНахъеги тӏадюссуней йиго памятникалъухъе – цоги нухалда бетӏер къулулеб буго нужее, даимлъиялде цӏарал арал Бергьенлъиялъул солдатал."}
{"slug": "8089-diplom-gechiev-gialimchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8089-diplom-gechiev-gialimchi", "title": "Диплом гьечӏев гӏалимчи", "date": "2020-05-11 11:14:05", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Ахӏмад Хӏамзатовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ дие гӏемераб жо бицана кӏудияв инсуца. Гьел рукӏун руго лъикӏал гьудулзаби. Инсул лъимерлъиялъул ва гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана школалъул завуч- гӏуцӏарухъан Жамиля Хӏамзатовалъги.\nАхӏмад гьавуна 1931 соналда, Хунзахъ районалъул Асакъоро абураб колода.\n1943 соналда росулъ тӏибитӏун буго колхозалдаса цо-цо чагӏи ччугӏа кквезе Батагъалде ритӏулел ругин абураб хабар. Гьение йитӏун йиго Ахӏмадил эбелги. Гьелъие кумекалъе инсуца витӏун вуго Ахӏмадги.\n«Батагъалъул василан» цӏарги лъун, бищун гьитӏинав Ахӏмад, лъил кинаб хъулухъ кканиги, гьениве вортизавулев вукӏун вуго. Хадув гьев ругьун гьавун вуго «барабан» абулеб жо хӏалтӏизабизе. Токалъ хӏалтӏизабулеб гьеб «барабаналъ» ралъдалъа къватӏибе цӏан бачӏунеб букӏун буго ччугӏил цӏураб гьин. Батагъалда хӏалтӏулезе рагьараб тукада вичарухъанлъун вукӏун вуго рагъдаса лъукъун вуссарав, жеги тӏуванго сахлъичӏев гӏолохъанчи. Ахӏмад витӏулев вукӏун вуго гьесда цадахъ тукаде къайи босизеги. Гьезие кьун букӏун буго къайи лъезе маххул нухдасан бачунеб, тӏасаги рагьараб, раса гӏадинаб маххул гьо- ко. Гьури бугеб къоялъ, гьелъул рагӏалда дугъ бухьунеб букӏун буго. Гьороца гьеб хъамун бачунеб букӏун буго битӏахъе складалъул кӏалтӏе щвезегӏан. Гьури гьечӏеб къоялъ гьеб квераз тункун бачине кколаан. Бищун захӏмалъулеб жо букӏун буго, гьелдаса кӏудияб маххул гьоко данде ккани. Гьеб мехалъ гьокоялда бугеб къайиги гъоркье бахъун, гьоко нухдаса нахъе босизе кколеб букӏун буго. Кӏудияб гьоко нахъе арабго, лъезе кколеб букӏун буго жидерго гьоко маххул нухда, тӏад сокӏкӏизе кколеб букӏун буго босараб къайи.\nРокъоре рачӏунаго лъан буго инсуе къадар щвараблъиги.\n1943-1946 соназда Ахӏмад хӏалтӏун вуго Гъоркьколо росдал Стахановасул цӏаралда бугеб фермаялда гӏачивехьлъун. Вехьасе моцӏрое бихьизабун букӏун буго 28 кило гӏатӏал ва микьго кило гьанал. «Ракъуца хвеялдаса дунги, эбелги, вацги, яцги сабаблъун ккана гьеб», — ан бицунеб букӏун буго Ахӏмадица.\nРагъул кьогӏлъиги ракъи-къечги кӏочон буго Ахӏмадида эбел туснахъ гьайидал. Гьей пулан туснахъалде ккана жидерго колодаса харил магь рокъобе босунилан. Ахӏмад къватӏиве вахъун вуго, эбелалъе кумек гьабизелъун. Цӏадаса Хӏамзатил кӏалтӏе щвезавун вуго нухлулаз гьитӏинав вас.\nХъандулалъги Хӏамзатицаги берцинго къабул гьавун вуго гьитӏинав гьобол. Кӏвараб кумек гьабилин рагӏиги кьун буго. Росулъе щведал, лъан буго эбел къватӏие йиччараблъи.\nАмма хъалаялда бараб заманалъ эбелалъул сахлъиялъе гьабуна кӏудияб зарал. Гьей унтун йигеблъи лъайдал, Ахӏмадил яц Загьидат, гӏолохъанчӏужу, щибаб къоялъ уней йикӏун йиго Хъаладухъе. Туснахъ гьарурал рачунел рукӏун руго цӏигьулдерил мегӏералда нахъа букӏараб рохьоре цӏул къотӏизе. Цӏада росу рагӏалда бугеб нухдеги лъугьун, туснахъ гьарурал рачун унезда Загьидатица гьарулеб букӏун буго жий эбелалъул бакӏалда йиччаян. Гьезул эбел Гӏунайзат чӏолей йикӏун йиго Цӏада, Марзигат абулей яцгӏалалъухъ. Марзигатица унтарай гӏаданалъе хӏадурун батулеб букӏун буго дарудал хурдул, гьезул лъим, гьалараб рахь. Бакъанида, туснахъчагӏи Хъаладухъе рачун унелъул, эбелги ясги хисулел рукӏун руго.\nРагъ лъугӏараб мехалда Ахӏмад тӏадчӏана цӏалиялда. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьадинал лъугьабахъинал. Цин рокъоса колхозалъе бахъун ана, квешаб хер кванан хвараб басиялъул бакӏалда, цого-цо букӏараб гӏака. Хадуб, рии бакьулъ, бухӏараб бакъул къоялъ, гӏорцӏун гӏодоб чӏараб боцӏи батунилан, берцинго тӏалаб гьабулеб гьечӏиланги абун, председателас цӏалаца вухун вуго гьитӏинав вехь. Данде кӏалъанин абун, бокьовги тӏамун вуго. Къаси сардилъ, яцалъул кумекалдалъун, къватӏиве ворчӏарав вас, кӏудияв вацасухъе Лъанлъариве ун вуго. Гьениса йикӏун йиго инсул тӏоцеесей чӏужу Тӏагьират.\nАхӏмад цӏалун вуго цин Гӏобода росдал анкьгосонилаб школалда, хадув хьвадун вуго Гӏаранихъалаялда букӏараб гьоркьохъеб школалде. 1956 соналда ворчӏун вуго С. Стальскиясул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул учительзабазул институталде (1957 соналдаса нахъе – ДГУ).\nУниверситетги лъугӏизабун, Ахӏмад Хӏамзатов хӏалтӏана лъай кьеялъул батӏи-батӏиял идарабазда. 1965-1972 соназда гьев вукӏана нижер школалъул директорлъун. «Бищун лъикӏав директорилан» абула гьесда жакъаги Мигӏарсо росдал жамагӏаталъ. 1979 соналдаса нахъе гӏумрудул ахирисел къоязде щвезегӏан хӏалтӏана Гӏалибег ТахоГодил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏехрехазул институталда."}
{"slug": "8097-kveshab-maku-giadab-bukiana-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8097-kveshab-maku-giadab-bukiana-giumru", "title": "Квешаб макьу гӏадаб букӏана гӏумру", "date": "2020-05-11 12:44:45", "categories": ["insan"], "text": "Дун ккола Гъизилюрт шагьаралъул № 5 гимназиялъул цӏалдохъан. Дир эбелалъул йиго кӏудияй эбел Гӏусманова Калимат. Дица гьелда гьарана жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицеян абун.\n— Дун гьаюна Гумбет районалъул Лъаратӏа росулъ 1937 соналъул 16 декабралда. Дир инсуда цӏар букӏана Гӏалиасхӏабов Гӏусман, эбелалда Гӏумарова Зубаржат.\nРагъде иналде цеве дир эмен витӏун вукӏана Октябралъул революциялъул цӏаралда бугеб канал бухъизе. Германиялъ рагъ лъазабидал, рокъоб сордо базе течӏого, ана рагъде. Гьеб мехалъ дир букӏана 3-4 сон. Дида инсул гьумер лъаларо. Дир вукӏана кӏиго вацги – цояв дидаса кӏудияв, цогидав – гьитӏинав. Цӏадул унтуца кӏиявго вац хвана. Эбелги дунги рукӏана цӏакъ захӏматго унтун. Унти бахинебин хӏинкъун, нижеда тӏаде ваккулев чиги вукӏинчӏо. Цо ракӏ гурхӏарай гӏагарай гӏаданалъ квенги лъимги нуцӏихъа жанибе хъурщула- ан. Аллагьасул цӏобалдалъун ниж сахлъана.\nРагъ кутаклъулеб букӏана, гӏагарлъулеб букӏана бомбаби рихъулеб гъугъаб гьаракь. Росулъе цо-цоккун рачӏине лъугьана «чӏегӏерал» кагътал. Инсуца хабар бачӏана, жив Гудермесалда госпиталалда вугин абун. Эбел ана гьесухъе щвезе, амма Хасавюрталдаса добехун нух бахъизе кӏвечӏого, нахъюссун ячӏана. Гьелъ цӏакъ ракӏ унтун бицунаан госпиталалда бакӏ щвечӏел лъукъарал солдатал нухлул ракьандаса гӏебеде регун рукӏанилан: цоял бох гьечӏого, цоял гъеж гьечӏого. Мадар лъугьингун, эмен цӏидасан рагъде ана.\nКватӏичӏого нижехъеги бачӏана «чӏегӏераб» кагъат, эмен араб бакӏ лъачӏого тӏагӏанилан. Дунги каранде къан, чанги гӏодана дир эбел, щиб къодай нилъеда бихьилебиланги абун. Гьелдаса хадуб дида эбелалъул бадиб магӏу бихьичӏо.\nБихьиназулги руччабазулги хӏалтӏи гьабуна. Киналго ракъун рукӏана. Ниж, гӏисинал лъимал, унаан нухлул рагӏалдаса бижараб бигьа (хӏамизаз), некь, гӏабукӏ кваназе, гьелъ чахьалги гьорон рукӏунаан. Мичӏчӏалъ мадар гьабулаан – кӏвекӏунги кунаан, гӏисин гьабун буссун, карщги гьабулаан. Нижеда кколаан, киданиги гӏорцӏизегӏан хинкӏго щвеладаян.\nНиж рачунаан колхозалъул кар- тошка бахъизе, цӏоросаролъ чехъезе, чӏучӏине. Амма гьениса цо мугь я кӏалдибе рехизе, я рокъобе босизе толароан. Ракъарал лъималазе 7 картошка босарав чи жанив лъун, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏинавуна. Бесдалазе кьолеб букӏараб военияб ххамил гьабураб гурде букӏана. Гьебги дица, радалалде хинлъун батизейинги абун, печалда аскӏоб лъураб, бухӏун батана.\nРагъ лъугӏана, амма рохел букӏинчӏо. Гӏемерал гӏолохъаби нахъруссинчӏо, руссаралги сакъатал рукӏана. Рагъда хадусел соналги цӏакъго захӏматал рукӏана.\nУнкъо класс лъугӏизегӏан росулъ цӏалана, 10 класс лъугӏизегӏан хьва- дана районалде. 1958 соналда, 10 класс лъугӏигун, Мелъелтӏаса яцал Гӏамиргӏалиевалгун цадахъ ана Махӏачхъалаялде, ясазул институталда цӏализе. «Лъабил» къимат щвечӏого лъугӏана институт. 1963 соналда хӏалтӏизе ячӏана районалде. Школалда хӏалтӏана 30 соналъ, гьезда гьоркьоса 16 соналъ завучлъун.\n80 сонил гӏумруялде яхиндал, эбелалъул бадиса канлъи ана. Диего гьабурабщинаб бецӏизе кӏвечӏониги, дица гьей разияб хӏалалда хьихьана. 2008 соналъ 100 сонги бан, хвана. Чанги къварилъи бихьана, лъабго вас хвана дир. Алхӏамдулиллагь, цо васги цо ясги руго. Гьезул лъималги лъималазул лъималги руго.\nДица исана бана 82 сон. Дун лъималаз лъикӏ хьихьун йиго. Дида гьикъани, кин араб дур гӏумруян, дица абила, бицине хӏинкъараб квешаб макьу гӏадин анилан.\n— Гьанжесеб гӏелалде щиб абилеб? Щиб гьарилеб?\n— Гьаб бергьенлъиги буго миллион гӏолохъабаз биги тӏун нилъее щвараб. Гьаб рагъул балагьалъул кваркьи щвечӏеб рукъ гьечӏо. Жеги сахлъун гьечӏо нижер гӏелалда рагъалъ лъурал ругънал. Гьел кидаго сахлъуларо.\nРагъул, ракъул балагьаздаса цӏу наги! Щибаб хъизамалда тӏадабги буго жидерго лъималазда нилъер халкъалъ хӏехьараб къварилъиялъул бицине, бичӏчӏизабизе. Гьеб кидаго кӏочене бегьуларо!"}
{"slug": "8098-vatianalde-roki-rekiel-tsiunarav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8098-vatianalde-roki-rekiel-tsiunarav", "title": "Ватӏаналде рокьи рекӏелъ цӏунарав", "date": "2020-05-11 13:30:23", "categories": ["insan"], "text": "Дагьай цее Болъихъе щварай дида бихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеранал ва 1999 соналда ккараб рагъул гӏахьалчагӏи ракӏалде щвезариялъе бараб памятник. Гьебги бан буго Белоруссиялда гӏумру гьабун вугев, Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏаса Асадулаев Хизрица. Гьесул хӏалтӏудаса йохарай дица ракьцоясулгун бухьенги гьабун гьитӏинабго гара-чӏвари гьабуна.\n— Хизри, бокьилаан Болъихъ районалда бараб памятникалъул хӏакъалъулъ бицани.\n— Кинаб бугониги конкурсалда гӏахьаллъи гьабилалде цебе, цин лъазабула кьураб тема ва гьелъул хӏасил. Цинги байбихьула хӏалтӏул батӏи-батӏиял къагӏидаби цӏехезе, эскизал гьаризе. Гьанибги гьедин букӏана ва райадминистрациялъ тасдикъ гьабун хадуб байбихьана памятник гьабизе.\n— 30 соналъ кин мун хутӏарав Белоруссиялда? Гьениве иналъе гӏилла щиб букӏараб?\n— 30 гуро, 40 сон бала тӏадеялъул. Дун Минскалде иналъе гӏайибай ккола дир чӏужу, Патӏимат. 1981 соналъ дун, цӏалиги лъугӏун, росулъе тӏадвуссана ва дихъ ялагьун йикӏарай абурай ясги ячун, гьелъул гьариги къабул гьабун щвана гьанире. Патӏиматил гъира букӏана Белоруссиялъул пачалихъияб институталде лъугьине.\n— Гӏагараб Ватӏаналде тӏад вуссине ракӏалда бугищ?\n— Ватӏаналде ракӏ цӏалареб мехго букӏунаро. Вуссинеги пикру буго, амма гьаниб махщел цӏубазе рес цӏикӏкӏараб букӏиналъ сабруялда вугоха.\n— Школалда цӏалулеб мехалда бокьулаанищ дуе суратал рахъизе, скульптураялде машгъуллъулаа- нищ?\n— 4-5 классалда цӏалулеб мехалда бижана дилъ рокьи скульптураялде ва анищ букӏана гьеб махщел щвей. Жакъа дида абизе кӏола дир анищ тӏубанин, щайгурелъул, дир хӏалтӏаби руго батӏи-батӏиял улкабазул музеяздаги коллекционеразухъги. Дица гьарурал памятникал руго Минскалдаги, Москваялдаги, Дагъистаналдаги…\n— Гьабсагӏаталда сунда тӏад хӏалтӏулев вугев?\n— Гьаниб гӏуцӏун букӏараб конкурсалда бергьана дун, ай Минскалда лъезе бугеб памятникалъул хӏадур гьабураб дир проекталъул рахъ ккуна. Гьеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул Бахӏарчи Ион Солтысасе (молдаванав) лъезе бугеб памятник. Гьеб лъолебги буго гьесулго цӏар лъураб къотӏноб. Молдавиялъул президентги вачӏине вуго Минскалде гьеб рагьулеб къоялъ.\n— Хизри, дурго ватӏаналъе, «Хӏакъикъат» казият цӏалулезе щиб гьарилеб?\n— Дица гьарила киназего талихӏ. Аллагьас цӏунаги балагьаздаса. Иман щулалъаги. Баракат лъеги. Щибаб какда хадуб гьарула дица ракьцоязе сабру, сахлъи ва аваданаб гӏумру. Казият цӏалулезеги, гьелъул хӏалтӏухъабазеги, редакторасеги гьарула кинабго лъикӏабщинаб, Аллагьас квербакъаги."}
{"slug": "8101-dida-tiasa-l-uga", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8101-dida-tiasa-l-uga", "title": "Дида тӏаса лъугьа", "date": "2020-05-11 13:41:01", "categories": ["history"], "text": "Дида тӏаса лъугьа\nХирияб Рамазан моцӏалъе гӏоло,\nДида тӏаса лъугьа, тӏолго дун лъалел.\nТӏад вугев къудратав Бичасе гӏоло\nБатани дир гӏайиб, гьарулеб буго.\nДида тӏаса лъугьа гьаб ракьалда тӏад\nРакӏ дидаса хварав инсан ватани.\nДида тӏаса лъугьа лъачӏого, нагагь\nЛъийниги дир зарал букӏун батани.\nДида тӏаса лъугьа абун рорчӏарал\nАллагь рази гьечӏел рагӏабаздаса.\nДида тӏаса лъугьа гьабилин абун\nГьабизе хӏал кӏвечӏел льикӏлъабаздаса.\nДида тӏаса лъугьа ячӏине бокьун\nЯчӏине рес ккечӏел тадбираздаса.\nДида тӏаса лъугьа дунялалда тӏад\nДица ракӏ лъукъарав гӏадан ватани.\nДида цин бахьарав инсан ватани,\nАллагьасе гӏоло те тӏаса лъугьун.\nТӏад щвараб Рамазан моцӏалъе гӏоло\nДида Тӏаса лъугьа, тӏолго жамагӏат.\nМалаик йикӏинчӏо дунги ракьалда,\nРатила дихъаги ккарал гъалатӏал.\nЛъикӏайлъун йикӏине яхӏ бахъаниги\nМекъи чанги кканин, ракӏ бухӏун йигин.\nЦере квералги ккун гьарулеб буго,\nЛъугьа дида тӏаса тӏолго дун лъалел.\nХвалил пикрабаца хӏинкъарай дица,\nДугӏадул аманат гьарулеб буго."}
{"slug": "8169-untarazul-k-adar-l-abazaride-bakhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8169-untarazul-k-adar-l-abazaride-bakhana", "title": "Унтаразул къадар лъабазариде бахана", "date": "2020-05-17 06:31:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "11 маялда Владимир Путиница цӏияб хитӏаб гьабуна халкъалде. Гьесул кӏалъаялдаса аслияб хӏасиллъун босизе бегьула хӏалтӏуларел къоязул болжал лъугӏанин улкаялдаян президентас аби. Амма эпидемиялде данде гьабулеб къеркьей лъугӏун гьечӏин тӏадеги жубана гьес. Регионалъул нухмалъулезухъе жидехъего кьолеб бугин ихтияр, бакӏалда бугеб ахӏвал-хӏалалдеги балагьун рокъор чӏеялъул низам халат бахъинабизеянги лъазабуна.\nНахъисеб къоялъ, ай 12 маялда Владимир Васильевас лъазабуна республикаялда карантиналъул низам халат бахъинабулеб бугилан. Амма кидаялде щвезегӏан гьеб халат бахъине бугебали мухӏкан гьабичӏо. Гьелъул магӏна ккола гьеб гӏузру къезабун кида бажаризе бугебали жеги лъалеб гьечӏин абураб. Битӏарабги буго. Гьеб лъалев чи цохӏо тӏад вугев Бетӏергьан вуго. Амма Васильевас абуна гӏадамал рокъор чӏеялъ лъикӏал хӏасилал кьунилан. Ахӏвал-хӏал цӏакъго хӏалуцун гьечӏин абураб магӏна бичӏчӏана гьесул харбидасанги. Гьелдаго цадахъ унтаразул къадарги цӏикӏкӏунеб бугин абуна республикаялъул бетӏерас.\n14 маялде ругел баяназда рекъон, коронавирусалъ унтаразул къадар нилъер республикаялда бахун буго 3095 чиясде. Сахлъун вуго 1050 чи, къадаралде щун вуго 26-яв.\nГӏузруялъ кӏал бачӏеб цониги районги гьечӏин абизе бегьула. Гӏицӏго Мухӏарамкент районалде щун гьечӏин гьеб гӏузруйилан хъвалеб буго информациялъул алатаз.\nНижеца газеталъул цересел номеразда хъван букӏана унтаразул рахъалъ нилъер республика, улкаялъул регионазда гьоркьоб щуабилеб бакӏалда бугилан. Жакъа къоялдеги гьеб сияхӏ абизегӏанасеб къадаралъ хисун гьечӏо. Коронавирусалда хурхун, Дагъистаналда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ рахӏат хвезабун бугин жидерилан мукӏурлъана республикаялде сапар гьабурал Россиялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабиги.\n14 маялда республикааялде вачӏана РФялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Олег Гриднев. Гьадин квешаб хӏал Дагъистаналда букӏиналъе гӏайибияллъун гьес рехсана, рокъор чӏечӏого, гӏадлу хвезабурал гӏадамал. Амма гьеб гьедин букӏин, гьес бицинчӏониги, лъалеб букӏана нилъедаги.\nХеравин-бахӏаравин, унтуца щивго тӏаса вищулев гьечӏо. Цогидал сах гьарулаго, жалго унтун къадаралде щвана къогогӏанасев медицинаялъул хӏалтӏухъан.\nХалкъ свакан буго. Свакан буго ахир бихьулареб «рукъалъул туснахъалдасаги», карантиналъул низам хвезабулел чӏухӏухъабаздасаги, рохел гьечӏел цӏиял харбаздасаги.\nКиназулго рахӏат хвезабураб суал буго кида республикаялда парахалъи лъугьине бугебин абураб?\nЖеги цудунго буго гӏодоре риччазе\nСахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабаз абулеб буго карантиналъул низам нахъе бахъизе жеги цудунго бугилан.\n— 15-гӏанасев чи вуго жакъа нижер больницаялда вегун, — илан бицана Гумбет райбольницаялъул эпидемиолог Сулейманов Апандица. — Цо чи хвана, кӏигоял сахлъун рокъоре риччанги рукӏана. Ахӏвал-хӏал жеги лъикӏаб гьечӏо, унтаразул къадар гӏодобе кколеб гьечӏо. Гьединлъидал, цӏуна-къаялъул тадбирал гьаризе ккола. Иш гьадин букӏинароан, гӏадамаз жиндир заманалда нижеца абураб гӏадахъ босун букӏарабани. Гьединабго пикру буго цогидал районаздаса сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазулги.\nЦин Бацӏада, гьанже Гъуниб райбольницаялда хӏалтӏизе ккарав Гьонодаса фельдшер Абакаров Мухӏамадгӏарипица гьадин бицана гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул.\nКӏалалъ бокьараб бицуна\n— Гьабсагӏаталда хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо, амма унтарал цӏикӏкӏана Гъунир, больницаялда регаразул къадарги дагьаб гьечӏо. Районалъул киналго росабалъе гӏузру щун буго. Амма гьаниб дагьаб баян гьабизе ккола, тӏатинабураб коронавирус бугилан тасдикъ гьавурав унтарав жакъа Гъунив гьечӏо, унтун руго цогидаб гӏузруялъ. Гьебги ккола вирусалъулаб пневмония. Гьеб кӏиялдаго гьоркьоб батӏалъи букӏин лъазе ккола.\nХас гьабун веццулев вугин ракӏалде ккезеги бегьула цо-цоязда, амма бокьун буго абизе, дагьаб цебе райбольницаялъул бетӏерав тохтурлъун цӏияв чи вачӏин цӏакъ лъикӏ кканилан. Гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна ва гьабулебги буго гьеб гӏузруялде данде. Гьесул хӏаракаталдалъун больницаялъе хӏажатаб къайи-цӏаги, дару-сабабги чӏезабун буго гӏураб къадаралда. Хьул буго сахлъаралги гӏемерлъун, больницаялъул палатаби чӏороголъилин абураб.\nДир квешго ццим бахъун буго жакъа, авалалдаго гьеб унтуда божизеги инкар гьабун, гӏузру тӏибитӏиялъе квербакъарал чагӏазда. Гьезул тасамахӏлъи сабаблъун, чан нухалъ рокъор чӏайилан гьараниги, гӏинтӏамичӏо гьез. Росу тун къватӏире ана, гӏадамалгун дандчӏвана ва хӏасилалда гӏага- божарал унтизаруна. Чӏанда бугин гьеб, жидеда унтарав вихьизавейин гаргадулел рукӏарал «диваналъул экспертаз» бачана гьалде халкъ».\nГьединго, кӏалбиччанкъоялда хурхунги, республикаялъул Динияб идараялъ лъазабуна, унти гӏодобцун гьечӏелъул, гӏидалъул къоялъ цоцада тӏаде-гъоркье инчӏого чӏайиланги."}
{"slug": "8186-l-imerl-iyal-ul-rogel-gimichiej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8186-l-imerl-iyal-ul-rogel-gimichiej", "title": "Лъимерлъиялъул рогьел гьимичӏей", "date": "2020-05-18 06:30:39", "categories": ["obrazovanie"], "text": "— Эбел, дун якъун йиго!\n— Гьале, дир яс, чурпаги, гьале панкъалги, гӏорцӏизегӏан кванай, дир яс! — анги абулаго, кӏодоэбелалъ дида цебе лъуна гъадаро цӏун багӏаргьолоялъул чурпаги, бекун панкъил кесекги.\n— Дахӏабаба, дие гьаб бокьун гьечӏо, дие роллал рокьун руго! — ян абуна дица. Гьей пашманго ялагьана дихъ. Дахӏабабада щибха лъалеб багӏаргьалил чурпаялдасаги гьанжесеб гӏелалъе роллал рокьулеблъи. Жиндир кванда дун чӏухӏарайлъиги бичӏчӏун, бадиб магӏуги хулун, гьелъ бицана дие, щиб жо кколеб ракъияли.\nКӏодол къисмат\n— Хӏажиев Хӏасанхӏосен (дир эмен) гьавуна 1905 соналда Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъ. Гьев вукӏун вуго бажари бугев чи. Гьесул лъугӏун буго росулъ 4 класс, хадуб Гӏараниб курсалги. Гьелдаса хадуб батӏи- батӏиял росабалъ хӏалтӏун вуго учительлъун: Гьацӏалухъ, Щулалъутӏа, Гӏебутӏа. 1938 соналда Тӏануси гӏуцӏун буго «Боцӏул колхоз». Щибаб рокъоса хӏайванги бачун, гӏемер ругезул – гӏемер, дагь ругезул – дагьал, гӏуцӏун буго колхоз. Колхозалъул председательлъун росдаца вищун вуго дир эмен.\nМунагьал чураяй Гӏалил Патӏица гьадин бицунаан дир инсул хӏакъалъулъ: «Хӏасанхӏосен вукӏана дир гӏел бащадав, гьев киназего вокьулаан. Гьесул букӏана росулъ тӏоцебесеб патефон. Рукъалъул къедаги бан, гьес биччан букӏунаан гьеб, гӏенеккизе нижги унаан. Доб мехалъ къаси-къаси клубалда гьабулаан «ччухӏ», ай кьурди-хъат. Ниж, ясал, эбел-инсуца гӏемер риччалароан гьенире. Амма Хӏасанхӏосен хадув вачӏани, гьесда божилъигун, риччалаан. Гьедин киназулго божилъи гӏурав, ракӏбацӏцӏадав чи вукӏана гьев», — ан.\nБацӏцӏунаго магӏугун, хадубги бицана дахӏабабаца:\n— Нижер йикӏана ункъо яс: Равзат, Багисултан, Сапинат, Патӏимат. Хъизаналъул букӏана сахаватаб магӏишатги берцинаб гӏумруги. 1939 соналда байбихьана Хунзахъ тӏалъиялдаги «ракьул колхозал» гӏуцӏизе. Инсудаги, ай председателасда, лъазабун буго Тӏануси росулъги «ракьул колхоз» гӏуцӏизе кколин абун, — ан.\nДахӏабабал кӏудияй яц Равзатица бицана: Инсуда цӏакъ ургъел чӏван букӏана росдал. Гьесухъе гӏемерал росуцоял рачӏунел рукӏана рокъоре, колхоз гӏуцӏизе тогеян гьаризе. Гьез инсуда гьарулеб букӏана «ракьул колхоз» гьабизе биччагейилан, гьеб гьабуни нилъ ракъуца холилан.\nЭмен ун вуго Хунзахъе, колхоз гӏуцӏиялъул данделъиялде ахӏун. Гьениб гьес абун буго: «Дир росу буго тӏалабазда тӏад, гӏадамазухъа ругел ракьалги нахъе росун, колхоз гӏуцӏани, росу бакъуца хола», — ян. Гьесие кьун буго лъабго сордо-къо, пикруги хисизе, росдал гӏадамалги мукӏур гьаризе, росулъ «ракьул колхозги» гӏуцӏизе», — ян.\nКигӏан гьел гаргаданиги, хӏинкъи кьуниги, Хӏасанхӏосен разилъун гьечӏо гьеб колхоз гӏуцӏизеги, росдал гӏадамазухъа рекьулел ракьал нахъе росизеги. Ункъо сонги кьун, эмен туснахъ гьавуна. «Кутакалда захӏмат букӏана эбелалъе рукъалъул магӏишат бачине. Амма гьелъ ниж киданиги ракъун толароан. Нижее цӏакъ кумек гьабулаан кӏодоэбел Мантагъицаги. Эмен жеги жанив вукӏана. Ахирисеб гьесул кагъат бачӏун буго, рокъове виччазе ункъо моцӏ хутӏараб мехалда. Гьелда инсуца хъван буго, жив цӏакъ унтун вугин абун, — ан бицана дахӏабабаца.\n— Дида кидаго кӏоченаро доб къо – дида рихьана, гӏодулаго, нижер доре унел руччаби. Дун гьезда хадуй екерана. Гьеб къоялъ лъана нижеда эмен хваравлъи. Рагъида гӏодулел кӏодоги, эбелги, гӏемерал гӏадамалги ратана. Эбелалъ цинги, кодое дунги ячун, ахӏана гьадинал магӏил рагӏаби:\nМаххул рачел къала\nлочнол тӏанчӏазе,\nДуца бесдал гьарун,\nкъватӏазда тарал.\nЧармил тӏукъби рала\nдур бесдалазе,\nДуца чиякъ гьарун,\nкъватӏир рехарал!\nРачел къазе ккана эбелалъ. Цӏакъ захӏмат букӏана гьелъие киналго ракъарал рагъул соназ ункъайго ясалъе ретӏинеги квинеги балагьизе. Гьелъул эбелалъ гӏумру гьабулеб букӏун буго Лъагӏилухъ росулъ. Гьей цӏадул унтуца унтун йигилан хабарги бачӏун, эбел ун йиго жиндирго эбелалде щвезе Лъагӏилухъе. Гьениса тӏадюссун ячӏун йиго, гьебго цӏадул унтуцаги унтун. Тӏокӏалъ тӏаде яхъине кӏвечӏо эбелалда. Гӏемер заман иналде, гьей хвана. Хутӏана гӏисинал ясал ва херай кӏодоэбел Мантагъ.\nЦӏакъ захӏматаб ва ракъараб заман букӏана гьеб. Мантагъиеги кутакалда захӏмалъулеб букӏана согӏаб рагъул соназда ункъалго бесдалал хьихьизе. Эбел хварайго, кӏудияй яц Равзат ункъо классцин лъугӏизегӏанги течӏого, Мантагъица ячана колхозалда хӏалтӏизе. Равзат йилълъине кколей йикӏун йиго рекьарулел оцазда хадуй, бищизе кколеб букӏун буго къвалиги, ракъичӏого рукӏине гӏоло. Мантагъие бигьалъиялъе абун, инсул вацгӏал Гӏалил Хӏасаница ниж лъабалго гӏисинал ясал щвезаруна Гӏараниб букӏараб лъималазул рокъоре. Жиндир рухӏ кӏалзухъ букӏаго, васасул хӏалае гӏоло жинца лъимал гьенир толарин абун, Мантагъица рокъоре рачана нахъеги. Амма эмен хваралдаса гьелдаги унти ккун букӏана, хадуйго цун эбелги хвараб мехалъ, кӏодол цӏакъ тату хун букӏана. Дир лъабго класс росулъ лъугӏарабго, хвана нижер кӏодоэбел Мантагъги. Гьеб мехалъ кутакалда ракъи бихьана нижеда, гурхӏарас бачӏараб ридиги тӏаде щвараб тӏахьдиги кваналаан нижеца. Дида ракӏалда буго, якъиялъ, кьогӏаб гагаги бекун, гьеб кваналаан дица, цинги цо нухалъ гьелъ кӏалдиб полопги базабун, унтунги йикӏана дун. Дицаги яцгӏал Рапигӏатицаги, бугӏаялъухъ хисизеянги абун, росун рукӏана гьелъул кӏодоэбелалъ как базеян рахъарал щватаби. Гӏанкизеги гӏанкун, гьеб кваналаан нижеца. Нахъеги довго Гӏалил Хӏасаница ниж щвезаруна добго лъималазул рокъоре. Гьенив директорлъун вукӏана нижер инсул вукӏарав гьудул Хӏажиев Шагьав. Гьев вукӏана кутакалда лъикӏав, гурхӏел-рахӏму бугев инсан…\nДахӏабабал бадиса гирулеб букӏана гьоло-гьологӏанасеб магӏу.\n— Тӏаса лъугьа, дахӏабаба, — янги абун, бадиса магӏуги бацӏцӏунаго, гъуд кодобе босана дица ва гьелъ тӏураб чурпа кваназе лъугьана…\nНаслабазул бухьен\nЛъималазул рокъоб 10 классги лъугӏизабун, дир дахӏабаба Сапинат цӏализе лъугьун йиго Махӏачхъалаялъул медучилищеялде. Гьебги лъугӏизабун, гьей хӏалтӏун йиго акушеркалъун Унсоколо ва Гӏараниб росабалъ. Гьанже гьелъул буго 82 сон. Ункъайго яцазда гьоркьой бищунго къобихьарай йикӏун йиго Равзат. Яц Багисултан цӏалун йиго Буйнакскиялъул педучилищеялда. Хӏалтӏана Тӏануси росдал школалда учительлъун. Бищун гьитӏинай яц Патӏиматги ккола учитель. Гӏумру гьабун йиго Цӏада росулъ.\nГьез нахъа тун буго кутакалда захӏматаб гӏумру. Биччагеги Аллагьас нилъеде тӏокӏаб рагъги, ракъиги, пасалъиги! Гьанже гьезул щиялъул руго лъималги, гьезул лъималги, гьезулги лъималги.\nГьанжеги бокьула дие дахӏабабаца бицунеб къваридаб къисаялъухъ гӏенеккизе. Гӏумруялъ еэдичӏей, къисматалъул рагӏдукь гьогьоми батичӏей, лъимерлъиялъул рогьел гьимичӏей гьелъухъ ялагьидал, дидаги кӏоларо магӏу кквезе. Кинабго гьарзаяб гьаб заманалда, якъун йикӏараб лъимерлъиги ракӏалде щун, гьелъ цӏидасанги регула жиндирго къисматалъул тӏохьол тӏанчал. Гьениб бугебщинаб рухӏелги бухӏиги…\nДицаги гӏемер пикру гьабула – жакъасеб гӏелалъ хӏехьелаандай гьеб захӏмалъи? Нилъеца аралде туманкӏ речӏчӏани, бачӏунелъ гӏарада балин абураб кициялъги кантӏизарулел руго нилъ, гьелъул магӏна босизе лъани.\nНаслабазул бухьен щулалъизе лъураб кьолъун хутӏизе буго дие дахӏабаба Сапинатил къиса. Гьеб кьогӏаб къисаялъ тӏамула бугеб гьарзалъиялъул къимат гьабизе."}
{"slug": "8187-tushman-khvasar-gavuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8187-tushman-khvasar-gavuna", "title": "Тушман хвасар гьавуна", "date": "2020-05-18 06:43:06", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Мунагьал чураяв дир эмен, Хӏасаниласул Хӏусенил вас Наби армиялде унеб мехалда, дун жеги гьитӏинго вукӏана, — ян ракӏалде щвезабуна Набил вас Хизрица. -Гьеб букӏана 1942 соналъул хасел. Кинаб къисматха ккараб Шамил районалъул Хучадаса Хӏусенил Набил?\n— Рагъул соназда росу гочинабуна Чачаналде, — ян ракӏалде щвезабуна хадубги Хизрица. — Цӏакъ гӏемераб ракъиги, къечги, къварилъабиги рихьана. Эмен рагъда тӏагӏанин хъвараб кагъатги бачӏана. Амма заманалдасан, пашманлъигун къварилъиялъ рекӏеда гамачӏ лъураб нижер хъизамалде бачӏана ракӏалдаго гьечӏеб рохел.\n— Нужер эмен чӏаго вуго, Аллагьасе рецц, — ян инсуца битӏараб кагъатги босун нижехъе ячӏана Цӏекӏоса гьобол. Гӏорхъи букӏинчӏо рохалие, ургъалабаз лъукъараб эбелалъулги гӏисинал нижерги ракӏал цӏилъун рачӏана. Инсуца хъулухъ гьабулеб букӏун буго Сибиралда. Тушманасдаса Москва цӏунулеб мехалда эмен ккун вуго Курскиялъул горсверуде. Тушманасул горсверуда ругел рагъухъабазе тӏаде бачӏунеб квенги лъимги гьукъун букӏана.\n— Ракъудасаги къечалъ цӏакъго тату хвезабулеб букӏана, — ян ракӏалде щвезабулаан Набица. — Лъим бугеб бакӏ абуни рикӏкӏад, тушманасул хъаравуллъиялда гъоркь букӏана.\nКъечалъ тату хвезабурав Набица хӏукму гьабуна къечон хвеялдаса тушманасул гуллидаса хвейго лъикӏилан. Лъим бугеб кӏкӏалахъе сапар бухьана сордо рукӏкӏараб мехалда. Набица нух бахъула иццухъе ва цадахъ рукӏарал флягабиги цӏун тӏад вуссуна.\nПалхӏасил, тушманас гьал асирлъуде росула ва тӏамула лъукъарал немцал машинабазде раччизе. Гьедин гьабулаго цадахъ вукӏарав сержантас автоматалъул хъундагъ, лъукъарав цо немцасул ботӏролъ кьабулеб мехалда, Набица цебе кверги ккун чӏезавула.\n— Гьасие гьадинги гӏураб жо щун буго, живго те, — ян абула. Щиб къисматха ккараб лъукъарав немцасул? Гьев сах гьавизе госпиталалде ккола. Сахлъун хадуб кӏиабизеги рагъулъе витӏула ва нилъер армиялъ асир гьавула.\nНемцаз щуго командирги цо сержантги, снайпер Набиги маххул хьуриялъ сверун къараб бакӏалде щвезарула. Набиги гьалмагълъиги Германиялде рачуна ва хандакъал рухъизе тӏамула. Гьениб къаси-къаси кьижизе ине Набида бихьизабула цо херал рос- лъадул мина. Гьел херазул йикӏана ясалъул ясги. Наби кьижулеб рукъ букӏана жаниса жанибе араб, ай херазда вихьичӏого къватӏиве ине рес гьечӏеб бакӏалда.\nНабица къад-къад хутӏарал рецӏун какал ралел рукӏун руго рокъове щведал. Цо нухалда как балев гьев вихьун вуго херазул ясалъул ясалда ва гьеб лъарал херал роха- хинлъун руго гьав бусурманчи вихьулинги абун. Гьелдаса хадуб гьез Наби гӏорцӏизегӏан кваназавулаан, гьесдехун букӏараб бербалагьи тӏубанго хисана.\nЦо къоялъ советияб армиялъ байбихьула самолетаздасан бомбаби разе ва заман балелдего тӏаде щвараб армиялъ асиралги эркен гьарула.\n* * *\nГӏурус мацӏ лъаларев Набиги, гьесда цадахъ нус-нус гьевго гӏадин асирлъуде ккун рукӏарал солдаталги, рагъ лъугӏун хадурги рокъоре риччачӏого, Эстониялде завод базе ритӏана. Щибаб къойил асирлъуде ккараздаса сурав босулеб букӏана.\nСурав босизе ирга щвана Наби Хӏусеновасдеги. Цӏакъ гъира гьечӏого нуцӏаги къирун жаниве лъугьарав гьесда вихьула столалда нахъа гӏодов чӏарав рагъулав полковник. Гьесда вихьаравго лъала асирлъудаса живго лъутизе кумек гьабурав снайпер Наби Хӏусенов.\n— Неужели Гусейнов жив?! — янги абун тӏадеги вахъун гьев Набида хурхуна. Гьеб дандчӏваялъ хвасар гьавуна Наби туснахъалдаса.\nНаби кӏигониги нухалъ гьесухъе гьоболлъухъги ана. Тӏоцебесеб нухалъ гьесухъе щвараб мехалъ гьес жиндирго вукӏарав командирасда гьарана жинда хъвай-цӏалиги лъаларин, жив вугеб бакӏ гӏагарлъиялда лъазабизе кагъат хъваян. Гьес рагъулав гьудуласул гьари тӏубазабун кагъат почалда битӏана.\n— Гьеб кагъат босун нижехъе Цӏекӏоса гьобол ячӏанилан ракӏалде щвезабуна Набил вас Хизрица. — Гӏорхъи букӏинчӏо нижер рохалие, гьеб букӏана нижее хваралъуса эмен тӏаде вахъинлъун.\n* * *\n1947 сон. Махӏачхъалаялъул маххул нухлул вокзал. Дандчӏвазе рачӏаразул цӏун бугоан вокзалалъул минаялда цебесеб бакӏ. Лъалхъана поезд. Гьитӏинабго чемоданги кодоб ккун вагоналъуса къватӏиве вачӏарав гӏолохъанавго солдат рахъ-рахъалде валагьана. Сверухъ лъалев чиго гьечӏодаян валагьарав гьесда перонаялда вихьула росуцояв. Рагъулаб форма букӏиналъ гьесда Наби лъачӏо. Къокъабго гара- чӏвариялда росуцояс бицана жамагӏат Чачаналде гочун бугилан. Гьениве ине нияталда болъодул ахаде щвараб мехалъ гьесда вихьула болъодул тӏарада немцазул форма тӏад ретӏарав солдат ва гьесда аскӏов вахъун чӏарав милиционер. Кӏиябго бер гьасда тӏаса босичӏого валагьун чӏун вугоан гьев солдат. Гьав аскӏове щвараб мехалда гьес Набида цӏехола: — Солдат, мун хъулухъ гьабун щиб бакӏалда вукӏарав? — абун.\nНабица жаваб кьола Курскиялда вукӏанин.\n— Дуда ракӏалда гьечӏищ гьалмагъас лъукъарав немцазул солдат ботӏролъ автоматалъул хъундагъги кьабун чӏвазехъин вукӏараб мехалъ, дуца цебе кверги ккун хвасар гьавураб куц? — абун цӏехана немцас.\n— Буго. Вахӏ, мунищха дов солдат вукӏарав? — ян гӏажаиблъун хутӏула Наби.\nНемцас бицана асирлъуде ккун гьанив хӏалтӏулев вугин ва метер ватӏаналде тӏад вуссун ине вугилан. Гьеб бакӏалда цоцада къвалалги ран ратӏалъана батӏи-батӏияб рахъалда рагъулел рукӏарал рагъулал «гьудулзаби».\nНаби Хӏусенов хӏалтӏана колхозалда. Гьабуна хъизанги. Къисматалъ гогь гьавун хьихьичӏо Наби. Амма гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьаб ракьалда лъалкӏ нахъе тезелъун. Бищунго кӏудияб талихӏлъун гьес рикӏкӏунаан Аллагь лъалезул ва Гьев рехсолезул кьеразулъ живго вати."}
{"slug": "8188-rakhiat-khveyal-insan-untizavula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8188-rakhiat-khveyal-insan-untizavula", "title": "Рахӏат хвеялъ инсан унтизавула", "date": "2020-05-18 06:55:47", "categories": ["history"], "text": "Дунялалдаго тӏибитӏараб коронавирусалъул гьитӏинабго микробалда бечедавги мискинавги, хӏакимчиги гӏадатияв инсанги цо мухъилъе цӏазе кӏвана. Гьелъ киназдаго бичӏчӏизабуна унтуеги хвалиеги чиналъул ва бечелъиялъул кӏвар гьечӏолъи. Залимасдаги къуватасдаги бихьизабуна гьаб дунял кидаго цо хӏалалда букӏунареблъи. Росуги рехун тун, лъикӏал шартӏазухъ урхъун шагьаразде гочарал гӏадамал росабалъ ругезул гӏумруялда гӏащикълъараб заман бачӏана. Жалго жидедаго чӏеялъул низамги цӏунун шагьаралъул гӏемертӏалаял минабахъ гӏумру гьабун ругел цо—цоял тӏабигӏаталъухъ, мугӏрузухъ, магӏарухълъиялъухъ урхъун ругин зигардулел руго.\nГӏадамазул ракӏхвеялъул цоги гӏиллалъун лъугьана пандемиялъул заманалда мажгитал къай, хирияб Рамазан моцӏалъ мажгиталда таравихӏал разе щвечӏолъи. Амма гьаб хирияб гӏужалъги Аллагьасде руссун, нилъер халкъалда «цӏа лъураб» унтудаса цӏуниялъе дугӏа ва садакъа-хайрат гьабизе бегьулеб заманалдаги гӏемерисел дагӏба-къецалдаго руго. Кӏал ккунин абун ракъизе чӏолел руго, амма ракӏалгун кӏалал къваригӏел гьечӏел корохъ-харбазул цӏезарулел руго.\nКӏалищ кквелеб, корохъа харбалищ гьурщилел?\nРамазан моцӏалъ гӏадамазул бердаса бахчараб бакӏалда кваналев цо херав чи вихьун вуго гӏолилазда.\n-Кӏудада, дуца кӏал кколарищ? -ан гьикъула гьез.\n-Дица кӏал ккола, дир лъимал. Дун гӏицӏго кванала ва лъим гьекъола.\nГӏолилаз, релъулаго, абула, дуца бицунелъул магӏна щибилан?\nКӏудадаца жаваб кьола:\n-Дица мацӏ гьабуларо, лъихъгӏаги гӏамал кӏодого валагьуларо. Дун лъидаго тӏад велъуларо, квешаб рагӏи абуларо. Дица лъиего зарал гьабуларо. Дица Аллагь гӏемер рехсола. Лъилгӏаги буголъиялъухъ жахӏдагун валагьуларо. Дир кванирукъ унтараб буго, гьединлъидал дихъа бажаруларо вакъун чӏезе.\nХадуб гьес гӏолилазда цӏехола:\n-Нужецагийищ кӏал кколеб, дир лъимал, -абун.\nГӏолилаз бутӏрул дализарула. Гьезул цояс нечадго жаваб кьола:\n-Гуро, кӏудияв, нижеца кӏалго ккун букӏун гьечӏо. Ниж гӏицӏго кваначӏого чӏун руго.\nМухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца квешаб, чорокаб хабарги, квешаб гӏамалги течӏев, Аллагьасе гьев чиясул тӏагӏамгун гьекъолеб жо тей къваригӏун гьечӏо», -ян. (Бухари).\nГьаниб суалги баккулеб буго: нилъ ракъизе чӏунищ ругел яги парзалда рекъон Рамазан моцӏалъул кӏалалги ккунищ ругелин абураб. Интернеталдеги раккани, гӏадамаз цоцазухъе рехулеб уябищ яги гьересийищали лъалареб информациялъухъги хал гьабуни, бихьизе буго гӏемерисез квандаса гуреб, мунагьаздаса ва гъибаталдаса инкар гьабун гьечӏеблъи.\nАхираб заманалда больницабазда унтарал регизе бакӏ гьечӏин, Сахлъи цӏуниялъул министерство нечезе ккелин ахӏи балел цоял руго, нужедаго гӏайиб бугин ахӏдолел цогидалги руго. Коронавирус букӏиналда божуларел гӏадамазул къадарин абуни къойидаса къойиде дагьлъулебги буго. Байбихьудаго вирус гьечӏин, гьеб гьереси бугин ахӏи балел рукӏарал блогеразул гьаракьги дагь-дагьккун къотӏана. Жидеда унтарал рихьизареян хъвадарулел рукӏарал, гьанже жаназаби рихьизареян ахӏдолел руго. Гьебгицин гӏечӏого, гьел унтарал сундалъун хваралали щибин лъалеб, гьезул гьуърул рихьизареян хъвадарулелги камулел гьечӏо. Цӏалдолел цӏикӏкӏаги, хабар гӏемерлъагиян рукӏунел блогеразги подписчикал «гӏорцӏизегӏан» къватӏул харбал гьурщулел руго. Гьанжелъизегӏан больницабазда коронавирус унтигун регаразе ва гьеб уяб бугин телевидениялдасан бицаразе пуланал гӏадамаз гӏарац кьун рагӏулин бугьтанал лъолел рукӏана. Бугьтанчагӏиян абуни гьанже унти хӏалуциндал гӏунун хутӏун руго. Унти тӏибитӏанагӏан гӏадамазул рекӏелъ хӏинкъиги цӏикӏкӏунеб буго. Гьеб киналъго халкъалда гьоркьоб рихха-хочиги лъугьинабулеб буго.\nГӏадамазда гьоркьоб\nпарахалъи цӏуне\nПсихолог Алиасхӏаб Мурзаевас рикӏкӏунеб буго гӏадамазе вирусалъул пандемиялъ гуреб, «хӏинкъиялъул пандемиялъ» гьабизе бугин цӏикӏкӏараб заралин абун.\n«Кӏвар бугеб жолъун ккола гӏодоре риччан чӏей, щайгурелъул, гьелда бараблъун букӏине буго батӏи- батӏиял унтабазде данде нилъер черх къеркьей. Кинха гӏодоре риччай букӏинабилеб? Тӏоцебесеб иргаялда ва бищунго кӏвар бугеб шартӏлъун ккола – уябищ яги гьересиябищали батӏабахъичӏого гӏадамаз цоцахъе битӏулеб информация гьоркьоб къотӏизаби. Цӏакъго ракӏ хӏинкъараб ва рахӏат хвараб заманалда инсанасул ритӏухълъи балагьулеб пикру хӏалтӏуларо. Гьединлъидал гӏемерисел гӏадамал жидехъего битӏун бачӏанщинаб информациялда божула. Гьединал роликал яги аудиозаписал нужехъе рачӏани, гьел цогидазухъе ритӏичӏого теялъги гӏадамазда гьоркьоб парахалъи цӏунула.\nХӏинкъарав чиясул чорхол къуват, ай имуннияб система хехго загӏиплъула. Гьединав чиясде къватӏул унти (ОРЗ) хехго бахуна, цӏа-кан цӏикӏкӏун батани — вихха-хочула. Хадуб гьес больницаялда вегизе хӏаракат бахъула ва медицинаялъул хӏалтӏухъабазде цӏикӏкӏараб хӏалги ккезабула. Гьелъул хӏасилалдайин абуни, унго-унгоги кумек хӏажатав чи сах гьавизе тохтурзабазеги квалквал ккола.\nЦоги хӏинкъи буго — рихха-хочарал гӏадамаз аптекабаздаса, хӏажалъани рукӏинеян росун, дарабазул нахърател гьаби. Гьелдалъун дараби дагьлъула ва гьезул багьа бахуна. Цоясе гӏумру хвасарлъиялъе хӏажатал дараби, цогидас гӏадада гӏодорги лъун, заман лъугӏарабго нахъе рехула.\nНилъеда рагӏанщинал харбазда нилъго божарал гӏечӏого, цогидалги божизаризе хӏаракат бахъулеб бугони, рихха-хочи ва ракӏ хвей гуреб пайда букӏинаро. Гӏадамал гӏемераб бакӏалде рахъинчӏого чӏани, гьоркьоса къотӏичӏого кверал чурулел ругони ва иммунитет щула гьабиялда тӏад хӏалтӏани, гьаб унтиги хехго тӏагӏина», -абун малъулеб буго психологас.\nРамазан – тавбуялъул моцӏ\nДунялалдаго ккараб гӏузруялъ гӏадамал рокъоре руссинаруна, щивав чи тӏамуна жиндирго гӏумруялда тӏад ургъизе. Кин нухда тӏамун лъикӏ гьаб бигьаб гуреб заман? Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана гӏалимчи Мухӏамадрасул Сагӏадуевас:\n«Нилъеца Аллагьасда гьарила, гӏаламалдего тӏаде бачӏараб гьаб унти-балагь тӏаса босеян. Рамазан моцӏ исана мискинав чи бечедасухъ бугеб ресалде хӏажатаблъун ккана. Гӏемерав мискинчи вуго дару босизе рес гьечӏев. Квен- тӏехалъе къватӏиреги рахъун ризкъи тӏалаб гьабизе бугеб ресалдаса махӏрумлъана гӏемерисел. Цӏакъго рекъараб букӏина, хасго исанасеб соналда, садакъа гӏемер гьабизе. Нилъее Аллагьас рес кьун буго хӏажатав чиясухъе, рокъоса къватӏирецин рахъинчӏого бокьухъе садакъа щвезабизе. Мискинчиясул, рес къотӏарасул ахӏвал-хӏал цӏехон телефоназ ахӏизе рес буго. Гьел нилъер гӏагарлъиялда жанирги нилъер мадугьаллъиялдаги ратула. Садакъаялъ босула нилъеда тӏаса балагь, унтаби.\nУнго-унгояб куцалда нилъее рес буго рокъоб Аллагь разияб хӏалалда тӏагӏат гьабизе. Мажгиталде ине щвечӏилан абун таравихӏал рачӏого гьоркьор риччазе рекъон букӏинаро. Гьел аварагасги (с.т.гӏ.в.) рокъор ралел рукӏана. Рокъор таравихӏал раниги, гьадинаб гӏузруги букӏунилан, гӏибадаталъе исана щибго мукъсанлъи гьечӏо. Хасго гьаб заманалда рекъараб букӏина телефоналъ цоцадехун бухьенал гьариги. Телефонги кодоб ккун цоцахъе рехулел гӏемер батӏи-батӏиял роликал риччан рукӏинчӏого, нужерго гӏага- божаразул, гьудул-гьалмагълъиялъул ахӏвал-хӏал цӏехе. Унтарал ратани, гьезул ракӏ батулеб хабар бицун, гьезул ургъел чучизабе. Къватӏире рахъине рес гьечӏониги, цоцазулгун бухьен цӏунизе гӏезегӏан ресал руго», -ян."}
{"slug": "8190-ana-tsogi-l-ikiav-insan-va-tokhtur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8190-ana-tsogi-l-ikiav-insan-va-tokhtur", "title": "Ана цоги лъикӏав инсан ва тохтур", "date": "2020-05-18 09:35:38", "categories": ["obshestvo"], "text": "Коронавирус тӏибитӏизе байбихьаралдаса республикаялда хварал медицинаялъул хӏалтӏухъабазул къадар 32 чиясде бахана.\nГьезие ва тӏолго улкаялда хварал киналго тохтурзабазе исана 5 октябралда памятник лъезе ракӏалда буго Россиялъул миллиардер Игорь Рыбаковасда. Памятникалъе проектал ритӏизе хасаб конкурсги лъазабун буго.\nГьеб киб лъелебали жеги мухӏканлъун гьечӏо. Цояз Санкт-Петербургалдайин, цогидаз – Махӏачхъалаялдайин абулеб буго.\nАмма памятникалъул цо бутӏа гӏахьалаб букӏина Хунзахъ районалъул Гӏорутӏаса тохтур Махӏамад Хӏасанхӏосеновасеги.\nБитӏун коронавирусалъ къвал жемизе байбихьараб заманалда, цӏа-канги гӏодобе ккезабизе кӏвечӏого, гӏумруялдаса ватӏалъана гьев.\nГьал къоязда Махӏамадил махщелцояз редакциялде бачӏана гьадинаб кагъат:\n«Халат бахъараб унтудаса хадув нилъедаса ватӏалъана цоги лъикӏав инсан – махщел тӏокӏав тохтур, гӏолохъанал тохтурзабазул насихӏатчи — Махӏамад Хӏасанхӏосенов.\n1956 соналда Харахьи гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, Махӏамад цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медицинаялъул училищеялде.\nЦӏали лъугӏун хадув, 1964 соналде щвезегӏан, хӏалтӏана Гумбет районалъул Килалъ росдал ФАПалъул заведующийлъун.\nЦинги гьебго соналъ Дагъистаналъул мединституталде лъугьана цӏализе.\nГьелдаса хадув, 1970 соналдаса 1976 соналде щвезегӏан хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда педиатрлъун.\n1976 соналъул 5 февралалдаса нахъе гьанжелъагӏан Махӏамад хӏалтӏулев вукӏана Харахьи больницаялда лъималазул тохтурлъун.\nГьев вукӏана кутакалда жиндирго хӏалтӏи бокьулев, гӏадамал хирияв, махщел камилав, гӏолохъанаб гӏелалъул лъикӏав насихӏатчилъун.\nГьединлъидал гьесул кутакалда къиматги гьабулаан унтараз ва цадахъ хӏалтӏулез.\nГӏумруялъго ракӏбацӏцӏадго гьабураб хӏалтӏухъ Махӏамад мустахӏикълъун вукӏана ДРялъул мустахӏикъав тохтур абураб цӏаралъеги гӏемерал шапакъатазеги. Гьев кколаан тӏадегӏанаб категориялъул тохтур-педиатрги.\nНижеда кидаго кӏочон теларо Махӏамад, гьесул гӏаданлъи, гӏамал-хасият, гӏадан хиралъи»."}
{"slug": "8191-istambul-giazhaibab-shagar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8191-istambul-giazhaibab-shagar", "title": "Истамбул – гӏажаибаб шагьар", "date": "2020-05-18 09:47:15", "categories": ["pismo"], "text": "Дие кӏудияб талихӏлъун ккана Турциялде сапаралъ ине щвей. Мугӏалим ва щуго цӏалдохъан рекӏараб самолет рещтӏана Истамбулалъул аэропорталда. Нижеда дандчӏвазе вачӏун ватана Турциялда гӏумру гьабулел магӏарулазул цевехъан Шигьабудин Озден.\nТурциялда бараб анцӏго къоялда жаниб гьалбадерица нижеда рихьизаруна гӏемерал тарихиял бакӏал. Цо гӏажаибаб бакӏалъул хӏакъалъулъ бокьун буго нужееги бицине.\nИстамбул шагьаралда гъоркь буго лъим цӏунизе бараб бакӏ. Гьелда цӏар буго Ерабатан. Гьенире лъугьуна ганчӏил гьабураб 52 болъоги бахун.\nХӏавузалъул гӏеблъи буго 70 метр, халалъи – 140 метр ва гӏатӏилъи – 9800 квадратияб метр. Гьелда жаниб цӏунулеб лъел къадар бахуна нусазарго литралде. Хӏавузалъул тӏох кквезе кӏамурабазда гъоркь бахъун чӏезабун буго ичӏго метралъул борхалъи бугеб 360 колонна. Щибаб колоннаялда гьоркьоб буго ункъо метргун ункъого сантиметр. Кинабниги буго 12 кьер ва щибаб кьералда эхетун буго 28 колонна.\nЕробатан бан буго 527-565 соназда Византиялъул император Юстиниан Тӏоцевесес. Гьелъул аслияб мурадги букӏун буго шагьар лъедалъун хьезаби. Гьаб заманалде щвезегӏан чанцӏулго къачӏанги букӏун буго гьеб. Истамбулалде рогӏрахъан лъим бачараб мехалда, Еробатан рехун тун букӏун буго. 1453 соналда Истамбул кверде босана гӏусманияз. Гьеб заманалдаги гӏемер хӏалтӏизабулеб букӏун гьечӏо Еробатан. 1544 соналда Истамбулалде вачӏун вуго Голландиялдаса сапарчи П. Гиллиус. Гьев щун вуго гьеб гӏажаибаб бакӏалде ва хадубккун газеталда бахъун буго Еробатаналъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Гьеб бакӏалъухъ балагьизе гъирабарал туристал гӏемерлъулеблъи бихьидал, Истамбулалъул нухмалъиялъ гьеб къачӏан буго ва, тарихияб бакӏ хӏисабалда, гьанже гьеб бихьизабула Турциялде щварал туристазда.\nЖакъасеб Еробатаналда нижеда ратана гӏемерал туристалги. Гьенирго ругоан суратал рахъулел ва батӏи-батӏиял сувенирал ричулел туркалги. Нагагь Турциялде щвани, нужги а Еробатаналде – цӏакъ гӏажаибаб бакӏ буго гьеб!"}
{"slug": "8192-gunar-bugeze-gabe-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8192-gunar-bugeze-gabe-kumek", "title": "Гьунар бугезе гьабе кумек", "date": "2020-05-18 10:04:22", "categories": ["lit"], "text": "Жамгӏиял гьиназул гурони газеталъул милат гьабулев чи вукӏунарин абураб пикру щулалъизабизе бокьун буго гьаб заманалъ гӏемерав чиясе. Аммаха, гьудулзаби, нуж божа – камуларо «Хӏакъикъат» казияталда бахъаралъул, хъваралъул бицун къойил нижехъе кӏалъалел чагӏи. Балъго гьабун щай, гьединаз ракӏ хинлъизабула, хӏалтӏуде гъира базабула.\nБаян\nАида Гӏабдулмажидова, Авар театралъул гӏолохъанай актриса.\nДагъистаналъул культураялъул колледжалда цӏалулаго 2007 соналъ хӏалтӏизе ячӏана театралде. Цӏалана ДГУялъул маданияб лъай кьолеб факультеталда.\nА. Гӏабдулмажидова сценаялде тӏоцее цее яхъана «Ясазул дада» Месекӏил образалда (реж. С. Имангъолов). Хадуй гьей магӏарулазда йихьана «Магӏарулай» — Пари, (реж. Хӏ. Гӏабдулгъапуров); «Аманат» — Халисат (реж. Хӏ. Гӏабдулгъапуров);\n«Вай, дуе бицине къачӏан бугеб цӏакъаб хабар», — ин абулаан дир цо мадугьалалъ тӏаде-гъоркье щванщинахъе. Гьелъухъего, хириял магӏарулал, нижер къиматал цӏалдолел, цӏияб-лъикӏаб жамгӏиял гьиназе гуреб, нужее бицине бокьула.\nГьеб, гӏалам жанибе сверараб, интернеталъул гӏатӏилъухъ ятана берцинго авар мацӏалда маргьаби, харбал, кучӏдул цӏалулей гӏолохъанай яс. Гӏемеразе гьей рекӏее гӏунги йигоан, камун гьечӏо гӏунгутӏаби цӏехолелги.\n«Гьаб карантинги лъугӏулебго гьечӏо, рокъобги чӏалгӏун буго. Щаялиго жакъа дида ракӏалде щвана Мала Насрудин», — гьадин кӏарчанго байбихьиги лъун, машгьурав маргьабазул героясул гӏумруялдаса цо лъугьа-бахъин цӏалулеб буго гьелъ.\nГьунар бугел чагӏазе кумек гьабизе ккола, гьунар гьечӏез жидецаго нух бахъулинги абулелъул, цебеккун лъицаго газеталдаса бицен гьабичӏеб цӏияб гьунар рагьила жакъа нужее.\n«Чӏужу яче, кӏудада» — Магьинур; «Берцинал ясал хъамулел куц» — Разият (реж. С. Имангъолов); «Примадонна» — секретарша ( Гъ. Гъалбацӏовас хъвараб пьеса, реж. Хӏ. Гӏабдулгъапуров); «Кавказалдаго берцинай» — Нажабат (реж. С. Имангъолов); «Хӏикматаб Гӏужрукъ» — Наргиз (реж. С. Имангъолов).\nЛъай лъаралдаса нахъе театралда гӏурай яс йиго Аида. Гьей йиго Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка, Унсоколо районалъул Гьаракӏуниса Майсарат Гӏабдулмажидовалъул яс.\nЛъабго сон балелдего моцӏал ран гастролазда эбелалда цадахъ йикӏунаан Аида. Бицунеб рагӏун, кисаяли цӏалун гуреб, гьитӏинаб къоялдаса нахъе жиндаго бихьун лъана гьелда театралияб гӏумруялъул жанисеб рахъ.\nТворчествоялъул гьитӏинабго гали Аидаца тӏамуна 6 сон тӏубараб мехалъ. Гӏиса аварагасул хӏакъалъулъ бахъараб кино Авар театралъул актеразул гьаркьаздалъун авар мацӏалде буссинабулеб мехалъ гьениб бутӏа лъуна Аидацаги. Хадубги Аида Гӏабдулмажидовалъул рекӏелъе бортулеб гьаракь, нилъеда рагӏана магӏарул мацӏалде руссинарурал мультфильмазда: «Золотая антилопа» — гьитӏинав васасул гьаракь, «Неуловимый Фунтик» — Фунтик, «Умка» — цидул тӏинчӏ, «Мама для мамонтенка» — мамонтенок.\nГьунар бугевги гьечӏевги чи кӏалъалев вихьарабго ватӏавахъизе лъалаан мунагьал чураяв Салихӏ Имангъоловасда. Жинцаго лъолел спектаклязда жавабиял ролалги кьун, божилъи гьабуна гьес Аидада. Ячӏинахъего халкъалъ лъикӏ къабулги гьаруна гӏолохъанай Гӏабдулмажидовалъ хӏарал образал. Хӏакъикъаталдаги гьелъул мацӏ буго, шагьаралда гӏурал лъималазул гӏадаб бек-бекун бицунеб гуреб, эркенго чвахун бачӏунеб.\nТворчествоялда тӏад хӏалтӏулев чи хӏелхӏедизе регӏуларо\nКарантиналъул заманалда Аида Гӏабдулмажидовалъ гьабулеб хӏалтӏухъ баркалаги загьир гьабизе, гьелъие цо чанго суалги кьезеян кӏалъана дун. Телефон борхана, халкъалъе бищунго рокьулел магӏарул театралъул актеразул цояй, Аидал эбел Майсарат Гӏабдулмажидовалъ.\n— Щиб яц, Патӏимат, дица дуе бицинеб? Бахун цӏа-кангун бусада руго Аидаги гьелъул васги. Гьезие хъулухъалъе яхъун чӏун дунги йиго. Йикӏанаха гьей ракӏчучиялъе цо жал гьарулей, интернеталда лъолей. Пандемия лъугӏидал нужецаго гьабе гара-чӏвари, — янги абун, дун тӏаса йихьизайизе лъугьана Майсарат.\n— Майсарат, 13 соналъ дудаго цее сценаялда яс йигеб мехалъ гьелъул хӏакъалъулъ бицине щибнигийищха дур гьечӏеб?\n— Гьеле гьелгощинал соназ дудаги цее гурищ йикӏарай гьей? — ян суалги кьун гьоркьой къотӏизаюна гьелъ дун.\n— Гӏемерал спектаклязда гӏахьаллъунги йихьана, балагьаразеги гьей йокьулей йиго, диеги цӏакъ бокьула гьелъ ролал хӏалеб къагӏида. Шапакъат-квара щиб бугеб Аидае кьураб?\n— Дида бихьичӏоха, гьудул, гьелъие кьура-тараб жо.\nЖийго рагӏизайиги берцин йихьизе гьаюдизеги лъаларей, рецц- бакъалда хадуй лъугьунарей гӏадан Майсарат йикӏин цебего лъалеб жо букӏана. Ритӏухълъиян къеркьолеб, тӏекълъиялда рекъолареб гьелъул гӏамалалалъ, рагӏул бегӏерлъиялъ, гӏужилго гьеб речӏчӏиялъ, шапакъаталгун тӏокӏлъи тӏаде гьукъулеб букӏин хӏакъаб буго. Эбелалъул гьеб хасияталъ ясалъеги квалквал гьабулеб бугодаян паркъана дирго пикру.\n— Цо тӏугьдузул квацӏиниги, компетазул килониги къвалакь къан ячӏине ккелароанищ, ясалъул яги дурго хӏакъалъулъ хъвазе дун рекӏеда ятизайизе? — ян махсара гьабуна дица Майсаратие.\n— Йо, Гьитӏинова, творчествоялда тӏад хӏалтӏулев чи хӏелхӏедизе регӏун вукӏунаро. Гьел дуца абулел жалги дихъа лъугьунаро, — ян жиндирго къагӏидаялъ кьваризабуна гьелъ.\n— Кьолел шапакъаталги, гьабулеб рецц-бакъги чарагьечӏеб жо гуро, аслияб жо буго чиясе жиндирго махщел, пиша бокьи, гьелда тӏад хӏалтӏи. Гьеб хасият бихьизе бокьила ясалъулъги, — ян лъугӏизабуна Майсаратица дие кьолеб жаваб.\nХадурагӏи\nКоронавирус тӏибитӏиялдалъун лъазабураб пандемиялъул низам тӏаде щвезегӏан Авар театралъулал хӏалтӏулел рукӏана, халкъияб кечӏги кьочӏое босун, Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевас хъвараб «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» абураб пьесаялда тӏад. Гьениб Аида Гӏабдулмажидовалъухъе кьун буго Айзанатил образ. Гьеб спектакльги сценаялда лъолеб буго Хӏ. Казиевас.\nЦогидал гӏемераздаго гӏадин, Аидадаги хъвана гьаб захӏматаб унтул кваркьи. Гьанже гьелъие мадар лъугьунеб буго, амма жидерго ишцояв, гьунар тӏокӏав артист Нурмухӏамад Нурмухӏамадовасухъ гӏодулел берал гьелъулги ракъван гьечӏо."}
{"slug": "8193-islam-din-tsiunarab-tsiar-arab-vatian-tsiunagi-allagas-abadiyal-go", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8193-islam-din-tsiunarab-tsiar-arab-vatian-tsiunagi-allagas-abadiyal-go", "title": "Ислам-дин цӏунараб цӏар араб Ватӏан, Цӏунаги Аллагьас абадиялъго", "date": "2020-05-18 10:45:54", "categories": ["kultur"], "text": "Хирамухӏамадова Гӏайшат гьаюна 1977 соналда Шамил районалъул Гӏурада росулъ.\nБайбихьул классазда цӏалана Гӏурада росдал гьоркьохъеб школалда, хадуй — Лъахъ росдал школалда.\nЛъикӏал къиматазда школаги лъугӏизабун, цӏализе ана Буйнакскиялъул педагогикияб колледжалде. 2000 соналъ, багӏараб дипломалда гьебги лъугӏизабун, тӏад юссана гӏагараб росулъе.\nРосулъ хӏалтӏиги щвечӏого, ана Хучада росулъе. Хӏалтӏана лъабго соналъ гьений, хадуй — Лъахъ росдал школалдаги магӏарул мацӏалъул мугӏалимлъун.\n2014 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялда, сакъатал лъимал дистанционнияб къагӏидаялда цӏализариялъул республикалъулаб централда мугӏалимлъун.\nЗаочно цӏалулей йиго ДГПУялдаги.\nКучӏдул хъвазе гьитӏинаб мехалдасаго нахъе бокьулаан Гӏайшатие.\nЦо-цо кучӏдул, макъалаби рахъулаан «Хӏакъикъат»газеталдаги.\nГӏайшатил кучӏдул ахӏула цӏар рагӏарал кочӏохъабаз, гьединго назмаби ахӏула батӏи-батӏиял къокъабаз.\nГьале доб ахир заман\nГӏалимзаби какулеб, капурзаби реццулеб,\nРецц-бакъ цӏогьазе кьолеб,\nцӏукӏа чӏухӏун хьвадулеб,\nХӏалихьалъи цӏикӏкӏараб,\nритӏухълъи малакь ккураб,\nКепкихъ ияхӏ бичулеб, гьале доб ахир заман.\nРишватчагӏазул цӏарал цӏвабзалъ рекъезарулеб,\nЦӏаруй гӏоло намус-нич чороклъизе гьабулеб,\nГӏадлу бокьанщиназул мугъал рекун рехулеб,\nКаранлъ иман дагьлъараб,\nгьале доб ахир заман.\nЗулмучагӏазул зулму къо анагӏан цӏикӏкӏунеб,\nЦӏоб гьечӏого гьайбатал васал\nчӏван гӏодор ралел,\nБидул цӏурал чорокал кверал кир регьаниги,\nГьезие нух рагьулеб, гьале доб ахир заман.\nДин-исламалъул нухда данде балъго хӏалтӏулел,\nХӏалихьалъи бергьараб агьлуй\nбергьенлъи кьолеб,\nГьидаяталъул нухал хира гьарун цӏуничӏел,\nАмру-нагью рехараб, гьале доб ахир заман.\nАхӏмадица бицараб, тӏахьазда гӏемер хъвараб,\nХалкъул гӏалам къосараб,\nКъуръаналде мугъ кьураб,\nКьуралде щукру гьабун щулаго иман кквечӏеб,\nЩайтӏаналъул напс ккураб, гьале доб ахир заман.\nГӏалимзабазухъе ун, лъалареб гьикъулареб,\nГьидаят тӏалаб гьабун битӏараб нух кколареб,\nТӏагьал варисазухъе вирд босизе унареб,\nАдаб чорхолъа араб, гьале доб ахир заман.\nЗина-хатӏаялдаса цӏуни жидер дагьлъараб,\nДуй кумек гьабурасда босун туманкӏ речӏчӏулеб,\nРалъдалъ лъел къатӏрагӏанги\nмунагь гӏемер гьабулеб,\nГьале бачӏана тӏаде, Тӏагьа пашманаб заман.\nГьидалъ\nЧармил кьурабаца жаниб бачараб,\nКъвакӏарал васаца чӏухӏизабураб,\nАвар гӏурухъ гӏин бан гӏодой биччараб,\nБечедаб, беричаб гьидерил улка.\nМагӏарул чилъиги, чорхол ияхӏги,\nХӏурудахъ биччачӏел бахӏарзал гьанир,\nГьунараз дунялго хӏайран гьабурал,\nХӏинкъи чорхолъ гьечӏел гъалбацӏал гьанир.\nЦӏиял наслабазе мисаллъун ругел,\nЯхӏалъулъ лъедарал генералзаби,\nТанкаев, Гӏонжолов — нуж нижер чӏухӏи,\nЧӏухӏдае хутӏила хвел гьечӏел цӏарал.\nХалкъул тӏалабалда тӏолабго гӏумру\nТӏамурав, Суракъат, си дуе бала,\nСунареб чирахълъун къадруяб дур цӏар,\nХутӏила тӏолабго Дагъистаналъе.\nГьидалъ тарихалда цӏар жиндир хъварав,\nЦӏар арав профессор Хӏамидил Ахӏматӏ,\nТӏад-Гӏурада гӏурав жавгьарул хӏуби,\nХӏалае ватана унтанщиназе.\nБагьадурлъиялъ халкъ пана гьабурав,\nХанасда цебеги бетӏер къуличӏев,\nКъвекӏаб цӏумалъул тӏинчӏ — Гьидалъа Хочбар,\nХалкъалъ дур къисаби къойил цӏалула.\nНужер къиматаб цӏар цӏвабилъун рикӏун,\nРекӏелъ цӏунун руго хираб якъутлъун,\nХвел жидее гьечӏел нужер тарихал,\nМахлукъаталъ кьела цереса цере.\nИслам-дин цӏунараб цӏар араб Ватӏан,\nЦӏунаги Аллагьас абадиялъго,\nЛъиего къуркьичӏеб къиматаб дир халкъ,\nХалатаб гӏумру кьун таги ракьалда.\nЭбелалде\nТӏугьдузул релъеназ, рекӏел къалмаца,\nКъачӏан кьела сарин дуй сайгъаталъе,\nСабурал дир рекӏелъ ругел пикраби,\nКагътида сокӏкӏина къиматаб хӏалалъ.\nКӏудияй гӏезегӏан накабазда лъун,\nГӏужде яхинегӏан гъажалда яччун,\nГьаб гӏумруялде дун яхинаюрай,\nХирияй эбел, дуй, накаби чӏвала.\nМун йигеб рукъалъул нуцӏил кӏалтӏе дун,\nТӏогьоде най гӏадин гӏедегӏун щола,\nГӏадлу-адаб цӏунун, нуцӏида кӏутӏун,\nИзну тӏалаб гьабун жаний лъугьуна.\nРекӏелъ къварилъигун аскӏое щвани,\nКъотӏ-къотӏун босун гьеб къватӏиб рехула,\nХинлъи кьун, рохел кьун, ракӏ бохизабун,\nХирияй эбелалъ нухда регӏула.\nДуда къочун къватӏий къокъараб къоялъ,\nКъварилъи щибали дида лъаларо,\nНух битӏагийилан дугӏа гьабуни,\nДир мугъзада куркьбал рижун рачӏуна.\nЭбел, мун дир дарман, дир рекӏел сабаб,\nРохел дие кьолеб, кьер меседил хӏинчӏ,\nЭбел дие алжан, жаниб нур бараб,\nЖаниса баракат гӏорлъун чвахулеб.\nЧанги къварилъаби къвалцӏун къулчӏарай,\nКъандалъо магӏица гӏорлъун лъалъарай,\nЛъимаде гӏумру кьун, кьогӏлъи хӏехьарай,\nХӏеренай дир эбел, дуй налъулай дун.\nДунялгун ахират дуе битӏаги,\nТӏагьа разилъун дуй даража щваги,\nЩивав чи гӏащикъаб Пирдавус алжан,\nБетӏергьанас дуе сайгъат гьабеги.\nИнсуде\nИнсухъе гьоболлъухъ ина хабаде,\nГӏодой чӏела гьений, инсуда аскӏой,\nЗонодеги къулун щурила дица,\nГьале, эмен, духъе щванин ясилан.\nСородулел кверал эхеде рорхун,\nГьабила дуй дугӏа гӏодулеб ракӏалъ,\nДунялалда дие бугеб къварилъи,\nКъваридго бицина цохӏо течӏого.\nМагӏу тӏун гӏодила, гӏорода къвал бан,\nКъваридаб рекӏее бигьалъи ккезе,\nКерен чӏарбида чӏван гьарила дица,\nАдаб тун батани, тӏаса лъугьаян.\nЗамана арабгӏан ругънал сахлъулин,\nСахал умумузул батана аби.\nЩайзе сахлъулареб дир каранлъ ругъун,\nЩай сонал аралгӏан унти цӏикӏкӏунеб?\nХирияв, гурхӏулев, Бетӏергьан Аллагь!\nХьул дуде гурони лъидего гьечӏо,\nДуниял кӏочараб ахиратги кьун,\nАлжан насиб гьабе нижер инсуе.\nМунагьал дагь гьарун, мун тӏаса лъугьа,\nЛъим Кавсаралъул кьун къеч буссинабе,\nБецӏаб хабалъ нур бан хоб гӏатӏид гьабе,\nТӏагьал кьерда бакӏ кьун вохизе гьаве.\nМахӏшаралда хӏисаб-суал дагь гьабе,\nСиратӏ бахъунеб къо бигьаяб гьабе,\nКинабго рахъалъан вохизе гьавун,\nГьайбатаб Пирдавус насиблъун гьабе.\nСахлъи кьун таги нуж, нижер хараби\nХӏалтӏуца свакарал меседил кверал,\nКинабго хӏехьарал хӏеренал ракӏал,\nРекӏей хӏалхьи щвечӏел хӏурулгӏинзаби,\nАссалам гӏалайкум, нижер хараби.\nНужеда бер чӏвайдал чӏаголъи щола,\nЧӏухӏун басандула ургьиб гьинал ракӏ,\nЧӏалде бекерулеб барти гӏадинан,\nГӏедегӏун рещтӏуна нуж ругеб кӏалтӏа.\nНуж ругеб сверуда нур бан букӏуна,\nБахьинаб гьурмалъан баркат берола,\nТалихӏ-рохелалъул лъаралъги чвердон,\nЧорхой рахӏатги щун аскӏоса уна.\nГӏакълу-лъай гъваридал, адаб бессарал,\nБицунеб рагӏидулъ магӏна бегӏерал,\nГӏаламат-тамаша, нужер гьайбатлъи,\nГьайбатаб Пирдавус нужее кьеял.\nКъварилъи-захӏмалъи мугъалъ баччарал,\nЧорхой рахӏат гьабун минут тӏамичӏел,\nТӏагьал нухдаса бох таризе течӏел,\nЧӏухӏула, кӏудиял, ниж нужедаса.\nБецӏаб сардилъ нижей паркъолел цӏваби,\nЦӏунаги Аллагьас сахлъи, сонал кьун,\nРакьалда мисаллъун ругел жавгьарал,\nЖаннаталда бакӏ кьун рази гьареги.\nНаку чӏван квер босун кӏодо гьарила,\nКаранде къан къочун къимат гьабила,\nХӏеренал, хӏалимал, баркат цӏикӏкӏарал,\nХерал нужер адаб рехун теларо.\nХирияв Аллагьас алжанул нуцӏби,\nЦӏер гӏадин микьабго нужей рагьаги,\nГьаниб дунялалда бихьичӏеб рахӏат,\nБихьаги нужеда доб Гӏаднуялда."}
{"slug": "8194-batsiiltsin-bugo-matsi-zhindirgo-khasab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8194-batsiiltsin-bugo-matsi-zhindirgo-khasab", "title": "«Бацӏилцин буго мацӏ жиндирго хасаб…»", "date": "2020-05-18 11:31:13", "categories": ["bakikos"], "text": "Гьел рагӏабазул автор щивали сразу бичӏчӏула поэзиялъул дагьабниги бичӏчӏи бугев чиясда. Щайин абуни, жиндирго цо хасаб мацӏги, цӏалдолезул рекӏелъе тӏинкӏуледухъ херхарал жугьабиги, хваниги хадур гъолареб философияб магӏнаги, мировой классиказдаса къечӏеб куцалда калима рекъезабулеб къагӏидаги Къородаса Гӏибранил вас Хӏажиясул гурони гьечӏелъул жакъа.\n«Бахьикъосазул» басрияв удаман, жиндир мунагьал чураяв Мухӏамад- Расул Дациевас Хӏажиясе сайгъат гьарун хъван рукӏана гьадинал мухъал:\n«Дуца гьал дурго кучӏдул\nКитай мацӏалъищ хъвалел,\nКигӏан цӏалананиги\nМагӏна бичӏчӏулеб гьечӏин…»\nБичӏчӏилаанха досдаги, дагьаб мухӏканго цӏаларабани.\nГӏибранил Хӏажиясул поэзиялъул гьудулги вукӏун, гьесул кучӏдузул магӏна босизе лъачӏого бегьилищ?!\nМичман Дациевас дие бицунаан, гӏемер щолаанила жив Гӏибраниласухъ гьоболлъухъ. Ва гӏемерисеб мехалъ, гӏадалъ тӏил кьабураб гӏадин, кьурун тӏадги вуссунаанила. Щайин абуни, «щекъерхалат» тараб бакӏ батуларого, чанги сардал рогьизе кканила дора. Цинги, батидал, ццин гьалаглъарав жинца, бугеб хӏалалъ гьесул азбар бакьулъ речӏчӏулаанила «сурахӏи». Зобал гъугъалеб гӏадаб гьелъул гьаракьалъ мадугьаллъиго бахъинабулеб букӏанила. Хӏажиясе хиралъиялъ, живги риханила гьезда, жив хиралъиялъ, Хӏажиявги рихинарищхайила.\nКороче говоря, городалдаго рагӏанила жал. Халатав залимав живги, жиндир коленаялде вахунарев авги гочунунел рихьидал, рохуца холаго хадур балагьун чӏанила тӏолго мадугьалзаби.\nАмма чесно бицани, человечность бугев чи вугила Гӏибранов. Цо нухалъ гьес «подарить» гьабураб холодильникалъ тӏубараб лъагӏелалъ хинлъи гуреб жо кьечӏила. Риидалил бухӏараб бакъул чӏораз «чӏван лъураб» пакъир, хасалоги, кигӏан кӏудияб цӏорол гӏерекъ аскӏоб лъуниги, кӏвечӏила цӏорозабизе.\nКитай мацӏалда херханиги щибила жугьабиги, жал къираллъиялъухъ гӏащикъал ругони.\nДациевасул гьеб калам канишна рекӏее гӏуна дие. Даим Гӏибранил Хӏажиясул кучӏдузул тӏахьалги остолалда тӏиритӏун, тӏаде лупаги ккун, цӏалдолев ватула дун, гьезухъ гӏащикълъиялъ. Гӏемераб пикру цолъизабун букӏуна гьесул щибаб мухъилъ.\nТӏахьазул цӏаралги рукӏуна цо гӏажаибал, гӏумруялъ ургъаниги, нилъ хадур гъоларел гӏадал: «Къоязул къункъраби», «Намусалъул спутник», «Батӏиял ракьазда ракӏ», «Аваразул кицаби — каламазул пачаби» ва гь.ц. Амма «Бакъ хисизабизе кӏвезе ккола чиясда» абураб цӏаралъ битӏахъе цӏунцӏрахинабуна дир черх. Жибго Бакъ хисизабизе кӏвезе ккани … Хӏажиясда …бажарана!\n«Мун мафия ватани,\nДунги мафия вуго…», –\nабун хъвана гьес.\nДур хӏал чӏахъаяв шагӏир! Бакъни щай гурин зобги, моцӏги, цӏвабигицин мутӏигӏго гӏодизарула Гӏибранилас. Хасго чӏужугӏадан гӏодизаюла гьас жиндихъго. Махӏмуд гьадингосев чи вуго Хӏажиясде дандеккун. Цохӏо гӏаданалъухъ инагьдулаго гӏадада гӏумру тӏамуна хъахӏабросулъес, гьасул гали бахъанщиналъуй йикӏуна рекӏел турут… рикӏкӏадаса хадув валагьун чӏезе. Чӏужуялдаса хӏинкъичӏони…\n— Гӏибранилав пикрияв поэт вуго,- абун хъвана жиндир мунагьал чураяв Гӏабасилас.\nПикруялъул хӏакъалъулъ живго Хӏажияс гьадин хъвана:\n«Пикру, тӏадегӏанлъи\nбосулебги мун,\nТӏамун гъоркьгун гьав дун\nмерхьунебги мун».\nМагӏарухълъи, гьобол-гьудул вокьиялъ хъварал рагӏабиги гӏемерал руго Гӏибранил Хӏажиясул. Бакӏал кӏулал тӏаде рахан таниги, тӏаде вачӏарасе хӏурматалъе, нухлул рагӏалда, гӏагараб Къорода росулъ кӏитӏалаял рукъзалги ран тана Хӏажияс, живго Махӏачхъалаялда чӏун вугониги. Минаялда тӏад подвалал ран ругиланги бицуна цо-цояз, махсаро хӏалае ккун. Гьел ратула Гӏибраниласул поэзия бичӏчӏуларел ялъуни жидеда китай мацӏ лъаларел чагӏи.\nГӏенеккилищ цо параялъ живго поэтасухъ:\n«Мун магӏарухълъиги\nтӏиртӏирун ккун чӏа,\nЧӏалуцаги хвасар\nгьарула ралъдалъ».\nХваниги, чи хадув гъолареб гъварилъи буго, жаниб ралъад рехсараб, гьаб кӏиго мухъалъулъ.\nГьал рагӏаби поэтас, паркалдаса рокъове вачӏунаго, тӏадагьго рахъ- рахъалдаса паркъун унел мусудулги рихьун, хъварал ратилин тана:\n«Тӏутӏал нахъе гъолеб\nхьвануда релълъун,\nНахъ-нахъ валагьула\nдунго вихьизе».\nХӏажиясул гьаб пикруялъул камиллъиги, гъварилъиги, гӏатӏилъиги, тӏокӏкӏинги борцунев литературияв критик ракьалда тӏад вукӏинин дида кколаро:\n«Вилълъунаго вилълъуге…»\nЖакъа гӏемеразда абизе рекъараб калимаги бугебха аб.\nНекӏого тӏубана Гӏибраниласул гӏумрудул 60 сон.\nКибехун балагьун, кьурун чӏараб нилъер Хъвадарухъабазул союз, Хӏажиясул юбилейги гьабичӏого, гьадинав поэт дунялалдаго гьечӏиланги лъазабичӏого?!\nХъвадарухъабазул шефги земляклъидал, исанагӏаги рачӏине ккела цо къаппараб, кьучӏаб пикруялде.\nКьилимегӏералда цебеги, нахъаги, тӏасаги, гъоркьаги бугеб участкаялъул Кӏуяда, Гьонода, Къорода росабазул къавмалги данделъун, цо тӏохгӏанасеб ходатайство битӏизе ккела хӏукуматалъухъе Хӏажиясул творчески вечер тӏобитӏейилан ва гьесие Бищунго Халкъияв поэт абураб цӏар кьейилан.\nМагӏаруллъиялъухъ урхъуца холаго, тахшагьаралъул «гьундузухъ» гӏумру гьабулев гьайбатав вас гьедин тей адабияталдаги маданияталдаги цебе кӏудияб такъсирлъун рикӏкӏуна лично дица.\nХӏасил-калам, Хӏамзатов, Шахтаманов, Гӏадало, Гӏабасилав ана Аллагьасул къадаралъ рачун, къиматав цогӏаги шагӏир магӏарулазеги хӏажалъиларищ?!\nВа салам ва калам!\nМагӏна гьечӏеб абуге, ирга щвечӏеб, бицунге.\n***\nХьул къотӏун рокьи тоге, рохь къотӏун, рогьо тоге.\n***\nШайтӏада батани таж, —\nГьеб — дур тӏасияб этаж.\n***\nГьитӏинаб рокъобгицин билулебщинаб тӏагӏел, —\nКӏудияб дунялалда талихӏ билизе чӏоге.\n***\nЭбел ками кӏудияб ками буго чиясе, —\nЧилъи ками дагьабги бакӏаб раччи гьесие.\n***\nЦӏумги цӏум буго даим, гъедуги гъеду буго,\nЦӏудул жахӏдаги ккезе рес гьечӏо рощногъадихъ.\n***\nПикру гьабураб лъикӏаб,\nЛъикӏаб лъаялда гӏураб.\nГӏатӏал хинкӏалги цӏакъал,\nМагӏарул ханждал къарал."}
{"slug": "8290-giajib-bugin-abun-khalk-rekhun-toge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8290-giajib-bugin-abun-khalk-rekhun-toge", "title": "Гӏайиб бугин абун, халкъ рехун тоге", "date": "2020-05-27 05:00:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница тӏобитӏараб видео-конференциялда бицана Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Видео-бухьеналда гӏахьаллъана РФялъул сахлъи цӏуниялъул министр Михаил Мурашкоги, РФялъул бетӏерай санитарияй тохтур Анна Поповаги, ДРялъул муфти Ахӏмад-хӏажи-афанди Гӏабдулаевги, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовги.\nКоронавирусалъул инфекция тӏибитӏиялда бан, Дагъистаналда захӏматаб хӏал бугинги абун, Владимир Путиница ракӏалде щвезабуна кӏалбиччанкъоялъул байрам тӏаде щолеб букӏинги. «Дие бокьилаан, гьеб байрамалде хӏадурлъулаго, халкъалъ цӏодорлъи гьабуни. Динияб идараялъги гӏадамазде ахӏи балеб буго, байрам рокъобго тӏобитӏеян, гӏагарлъиялъухъе, гьудул—гьалмагълъиялъухъе гьеб къоялъ хьвадугеян, гӏидалъул как рокъобго байилан, сайгъатал ракӏаризе лъимал ритӏугеян абун. Хьулги буго гьеб ахӏиялъухъ Дагъистаналъул бусурбабаз гӏинтӏамилин абураб.\nКоронавирусалъул балагь тӏаса унеб бугин ккола, амма гьеб рахъалъ Дагъистаналда жеги захӏматаб хӏал буго.\nГӏадамаз ахӏи балеб буго, хӏажатаб къадаралда ва заманалда медицинаялъул кумек щунгутӏиялда бан. Гьелдаго цадахъ, экспертаз абулеб буго, унтараб мехалда, рокъобго дару—сабаб гьабизеянги лъугьун, тохтурзабазухъе заманалда унел гьечӏин гӏадамалин абунги. Гӏенеккулел гьечӏо рокъоса къватӏире рахъунгеян балеб ахӏиялъухъги.\nЖакъа дие бокьун буго хӏакъикъияб ахӏвал—хӏал рагӏизе», —ян бицана президентас.\nБаркала кумекалъухъ\nРеспубликаялда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицана Владимир Васильевас. Гьес баркала кьуна муфтияталъе рузманалдаса инкар гьабизе ккелин абураб пикруялъул рахъ ккуралъухъги рокъоса къватӏире рахъине бегьулареблъи халкъалда бичӏчӏизабизе гьабураб хӏаракаталъухъги.\n-Баркала буго федералияб централъ гьабураб хехаб кумекалъухъги. Нижее щвана 210 чиясе бакӏ бугеб палаткабазул центр. Кумекалъе битӏун бачӏана махщелчагӏазул кӏиго бригада. РФялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Гридневасул нухмалъиялда гъоркь республикаялде бачӏун букӏана тохтурзабазул къокъа, — ан бицана республикаялъул бетӏерас.\nБицана гьес дарабаздалъун хьезариялъулги, президентас бихьизабураб къадаралда тохтурзабазе гӏарац щвезабизелъун прокуратураялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏулги, тохтурзаби цӏуниялъе хӏажатаб хасаб ратӏлилги ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.\nСоциалиял гьиназдасан бицунеб букӏана гӏадамал хвеялъул хӏужаби рахчулел ругин абун. Гьелда бан В. Васильевас гьадин абуна: «Щиб гӏиллаги ккун чи хваравали мухӏкан гьабула жаназаялъул жанисел лугбазул халги гьабун. Гьедин гьабизе ихтияр кьоларо дагъистаниязул лъабго проценталъ гурони. Кинха чӏезабилеб, коронавирусалъищ унтун вукӏарав пуланав чи яги цогидаб унтиялъищ гьев нилъедаса ватӏалъаравали? 2018 соналда гьуърузул унтаби сабаблъун республикаялда хвана 1374 чи, 2019 соналда – 1368 чи. Бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун батана ХОБЛ (хронический обструктивный бронхит легких). Гьуърузулъ гьеб унти ккарав чиясеги цӏакъ захӏмалъула хӏухьел цӏазе», – ян. Гьес гьарана Дагъистаналда инфекциязул госпиталь базе кумек гьабеянги.\nХьул буго Тӏадегӏанасул гурхӏел-рахӏмуялде\nДанделъиялда кӏалъана ДРялъул муфти Ахӏмад-афандиги. Республикаялъул гӏузрабазде кьолеб кӏваралъухъ улкаялъул президентасе баркалаги загьир гьабун, гьадин бицана муфтияс:\n-Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго цӏакъго захӏматаб ахӏвал-хӏал. Мугӏрузул росабалъ руго гӏицӏго гӏиси—бикъинаб унти ккарал чагӏазе кумекалъе рес бугел медпунктал. Коронавирусалъул пандемия байбихьилалде захӏматго унтарал гӏадамал кидаго ритӏулаан районазул яги шагьаразул больницабазде. Гьабсагӏаталда гьечӏо гьединаб рес, киса—кирго больницаби кьабун цӏун руго унтараз. Гьединлъидал холел руго гӏемерал гӏадамал. Статистикиял баяназда рекъон, хун вуго анкьнусгоялдасаги цӏикӏкӏун чи, хвана кӏикъоялда анцӏгониги медицинаялъул хӏалтӏухъан. Гьеб къадарги цӏикӏкӏунеб буго къойидаса къойиде. Гӏадамал махӏрумлъана хӏалтӏудасаги.\nАбизе бокьун буго: статистикаялъ хӏисабалде росулел руго гӏицӏго больницабазда хварал гӏадамал. Унтуца кӏвекӏун, рокъорго къадаралде щварал рукъулел руго, гӏадаталда рекъон, ва гьезул хӏисаб гьабулеб гьечӏо лъицаниги.\nЖеги унтиялъ квелъ бачӏел яги унтун рахъарал муфтияталъул хӏалтӏухъаби хьвадулел руго Дагъистаналъул росабалъегун шагьаразде ва гьабулеб буго гӏадамазе бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи. Гьезго щвезарулел руго ресукъал хъизамазе кванил нигӏматалги, дарабиги, кислородалъул аппараталги – гьеб кинабго гьабулеб буго сахаватчагӏазул кумекалдалъун. Битӏараб буго: абизе бегьула, гӏемер чи унтиялъе гӏайибияллъун жалго гӏадамал кколин абунги. Гьайгьай, щивас гуро бачӏинахъего кӏвар кьураб гьеб балагьалде: цоял божичӏо, цогидазда ракӏалде ккана гьеб жидеда хъинтӏиларин абун. Амма, дир пикруялда рекъон, гӏадамал тохлъанинги абун, гьел кумекалдаса махӏрум гьари битӏараб гьечӏо. Гьаб заманалда нижер хьул буго Тӏадегӏанасул гурхӏел-рахӏмуялдеги дуца Дагъистан рехун тунгутӏиялдеги. Гьайгьай, дудаго лъикӏ лъала, сундалъун кумек гьабилебали.\nЦоги нухалда такрар гьабила. Дица щибаб къоялъ ритӏула дирго хӏалтӏухъаби кумек гьарун ахӏи балеб Дагъистаналъул щибаб районалде, гьединлъидал бугеб ахӏвал—хӏалги дида цӏакъ лъикӏ лъала. Гӏадамал махӏрумлъана хӏалтӏудаса, гьединлъидал нижеца бецӏула кванил нигӏматазул тукабаздаги аптекабаздаги бугеб гьезул налъи. Амма гьеб буго цӏакъго мукъсанаб кумек. Аслияб масъала буго гӏадамазул сахлъигун гӏумру цӏуни. Хӏалтӏизе рахъарал тохтурзаби жалгоги унтана, бакӏ-бакӏазда гьел гӏолелго гьечӏо гӏадамазе дару—сабаб гьабизе. Дида лъала, мех—мехалъ тӏолабго отделениялъе цо тохтурас гьабулеб буго дару, гьеб буго цӏакъ захӏматаб иш. Цебесеб кьерда хӏалтӏулел руго къадруял ва бахӏарчиял тохтурзаби, амма дида кӏоларо, хӏалтӏуде рахъинчӏел тохтурзабазде гӏайиб гьабизеги.\nГьелъие буго кӏиго гӏилла. Тӏоцебе абуни, жалго унтилин хӏинкъи. Щайгурелъул, гьеб унтудаса сах гьарулел хасал централ цӏакъ дагь руго. Магӏарухъеги шагьаразул больницабаздеги заманалда щвезаричӏо унтиялдаса цӏуниялъе квербакъулел алатал. Гьел гьечӏого хӏалтӏулел тохтурзаби хвеялъул хӏинкъи букӏана. Гьединлъидалин нилъ цо—цо тохтурзабаздасаги ратӏалъарал.\nКӏиабизе абуни, тохтурзабазулъ гьечӏо метерисеб къоялде божилъи, жидее кьезе кколеб харж щвеялде ракӏчӏей.\nХӏурматияв Владимир Владимирович, гьарула, кӏвар буссинабе Дагъистаналде, -ян.\nРокъор чӏунгутӏиялъул хӏасил\nГӏадамал унтиялъул рахъалъ бищунго хӏалуцарал къояллъун Анна Поповалъ рехсана 15-22 апрельги 23 апрелалдаса 5-6 маялде щвезегӏан къоялги.\n-20 апрелалдаса нахъе Дагъистаналда хӏалтӏулеб буго Чумаялде данде къеркьолеб Ставрополалъул гӏелмиял цӏех—рехазул институталъул хасаб бригада. Тохтурасухъе хитӏаб гьабилелдего пневмониялъги унтун, захӏматаб хӏалалда больницаялде рачӏунел гӏадамазул къадар бахуна 60 проценталде (цогидал регионазда – 20 процент). Дагьал руго пневмониялъул хасият загьирлъичӏого унтулелги: РФялда 45 процент батани, Дагъистаналда – гӏицӏго 25 процент.\nУнтаразда гьоркьоса 30 процент ккола ригь арал гӏадамал ва 10 процент – лъимал. Гьелъие аслияб гӏилла буго рокъор чӏунгутӏи. Тестаздалъун хал гьабулаго, Россиялда тӏатунеб буго 10—12 процент унтаразул, Дагъистаналда – 35 процент. Гьелъ тасдикъ гьабула республикаялда вирус жеги къуваталда букӏин, -ян бицана гьелъ.\nДанделъиялда В. Путиница кьуна хехаб заманалда тӏуразаризе кколел тӏадкъаял.\nРФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда лъазабуна дарабаздалъунги, медицинаялъул хӏалтӏухъабаздалъунги, хӏажатал алатаздалъунги республика хьезабеян.\nРоспотребнадзоралда тӏад къана эпидемия цӏилъунгутӏиялъул мурадалда, гьоркьоса къотӏулареб халгьаби букӏинабейин Дагъистаналдаян абун.\nМЧСалда лъазабуна республикаялъул социалиялги сахлъи цӏуниялъулги идарабазда, гӏемерал чагӏи ракӏарулел объектазда санитариял тадбирал тӏоритӏеян.\nДанделъиялъул ахиралда президентас абуна:\n-Хӏурматиял дагъистаниял! Дида ракӏалда буго 2003 соналъул сентябралда кӏудияв шагӏир Расул Хӏамзатовасулгун букӏараб дандчӏвай ва гьесул рагӏаби. «Дагъистаналъул талихӏалъеги цебетӏеялъеги аслияб къагӏидаялда хӏажалъула гьелъул цолъи, халкъал рикь—рикьунгутӏи. Цогояб хъизанлъун хутӏи», —ян абуна гьес.\nДида лъала, Дагъистаналда гӏасрабаз цӏунана ва цӏунулеб буго гьудуллъиялъе ритӏухълъи, яхӏ-намус, бахӏарчилъи, цоцазе хӏалае рахъин, чӏахӏиязул адаб гьаби. Гьел гӏадатал цӏуниялъ дагъистаниязе рес кьуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалдаги 1999 соналда жидерго улбул, лъимал, росдал хараби цӏунизе, халкъазда гьоркьосел террористазул къокъабазе мустахӏикъаб дандечӏей гӏуцӏизе. Гьелдаса нахъе дир рекӏелъ даимлъана Дагъистаналде хасаб асар. Нилъер цадахъаб хӏаракаталдалъун Дагъистаналда чӏезабуна ракълилаб гӏумру. Цадахъ байбихьана ва хадубккунги гӏуцӏизе буго республикаялда церечӏарал экономикиялгун социалиял масъалаби тӏуразариялъе квербакъулел тадбирал.\nГьабсагӏаталдаги нилъер цадахъал ишазда, щивав дагъистаниясул хӏаракаталда, нужер къо хӏехьеялда, жавабчилъиялда, тохтурзабазулги махщелчагӏазулги малъа—хъваязда рекъон хьвадиялда бараб буго эпидемиялъукьа Дагъистан эркен гьабиялъул суал. Дие бокьун буго нужеда лъазабизе: гьанже Дагъистангун букӏине буго тӏолабго Россия. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда нилъ цадахъ рукӏина. Ва гьедин букӏине буго кидаго."}
{"slug": "8291-umumuzul-khabalgi-khadur-ralagun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8291-umumuzul-khabalgi-khadur-ralagun", "title": "Умумузул хабалги хадур ралагьун…", "date": "2020-05-27 05:38:53", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "50 соналъ цебе кутакалда ракьги багъарун, кӏудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъалъе.\nГьеб букӏана 1970 соналъул 14 май. Гьелдаса хадуб жеги ункъо къоялъги чӏечӏин гьеб, зама-заманалдаса кӏобокӏуланин ракӏалде щвезабула гьелъул нугӏзаллъун рукӏарал ракьцояз.\nБиххараб магӏишат рукӏалиде ккезабуна тӏолабго улкаялдасаго кумекалъе республикаялде рачӏарал гӏадамаз.\nРакь багъарун хадур тӏагӏарал росабиги ккана. Гьезул цояб буго Буйнакск районалъул Ахакь росу. Тӏабигӏаталъул беричлъиялъул рахъалъ Аллагьас майилан кьураб гьениб гӏумру гьабизе къадар букӏинчӏеб къагӏида гьелъул гӏадамазул.\nГьеб буго гендеридаги Чӏикӏаб хӏоралдаги гьоркьоб. Гьениб аскӏосан бахъулеб буго магӏарухъе Бузнаса нухги.\nГьабсагӏаталда ахакьдерил чагӏаз гӏумру гьабулеб буго Хъумторхъала районалъул Учкенталда. Гьенире жал гочинариялъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъе» гьадин бицана Патӏимат Абакаровалъ.\n-Педучилищеги лъугӏун, росулъе хӏалтӏизе ячӏун тӏоцебесеб сон букӏана дир.\n13 маялда ниж, яцалгун цадахъ, школалдаса рокъоре рачӏараб мехалъ ракь багъарана лъикӏаб хӏалалда. Гьитӏинаб мехалда дида бицунеб рагӏун гурони, жеги бихьараб жо букӏинчӏо гьеб. Эбел-эменги рукӏинчӏо рокъор. Яцазда аскӏоре рачӏарал мадугьалзабазул лъималги рукӏана нижер дора. Ракь багъаризе лъугьиндал, дица гьел киналго рокъоре ахӏана. Дида лъачӏо гьедин гьабизе бегьулареблъи (гьелъул гӏаксалда, къватӏире кӏанцӏизе кколел рукӏун руго).\n…Заманалдасан лъугӏана ракьбагъари. Щущахъ росуги бана. Рихха-хочун гӏадамалги лъугьана. Жабрагӏил абурав чиясул мина кьватӏун рагӏулин, росулъ вугевщинав чи гьениве ана балагьизе. Нижги ана, гӏисинал чагӏи.\n…Гьеб къоялъ бакъанидехун дунял гӏодобе биччанин ккараб гӏадаб мехалда, киналго къавуде руссана, цинги къаси кьижизе рахана. «Подвиг пионера Лёни Голикова» абураб тӏехь цӏалулей йикӏана дун гьеб мехалда. Сордо бащалъун букӏана. Цо заманалда бахъанаха ракьулъан кутакаб гьаракьги, цӏидасан байбихьана ракь кӏобокӏизе. Хантӏан къватӏире кӏанцӏана эбел-эменги нижги. Гьеб мехалда къватӏиб балеб батана чвахунцӏад. Бецӏаб сверухълъи, ахӏи-хӏур гӏадамазул.\nКвачалел рукӏун, инсуца зама-заманалдаса рокъове жаниве векерун ун, гьениб батараб парта-магӏал, юргъан-турут бачӏана къватӏибе баччун. Ракьда тӏад гьеб кинабгоги тӏибитӏун, ниж кьижун ккана. Май букӏаниги, жеги дунял лъикӏаланго хинлъун букӏинчӏо. Нижер росу буго цӏулакьодул гъутӏбузги бацараб, жанисан лъар чвахулеб, цӏакъ гьогьомараб бакӏалда.\nЗама-заманалда багъарулеб, чӏолеб букӏинчӏо дунял.\nНахъисеб къоялъ нижеда абуна контораялде ракӏарулел ругилан. Рилълъана. Амма гьенире щун заман иналдего ахӏи бахъана росда тӏаде балагьараб магӏарда ругел минаби риххизехъин ругин, гьенир чӏарал гӏадамазе кумек хӏажат бугилан. Гьедин гӏадамал рекерана гьенире.\nГьеб параялдаго гьениб магӏардасан бачӏунеб букӏун буго цӏцӏаназул рехьедги гьезда хадув -гӏолохъанчиги. Чӏикӏасезул кули гӏадаб бакӏ букӏана гьениб гӏагарда. Ракь багъарараб мехалда ракьалъ кӏкӏун ун, кодоре щун гьечӏо гьев васги цӏцӏаниги. Гӏадамаз кигӏан хӏаракат бахъаниги, гьел кодоре щвечӏо.\n…Гьедин бана кӏиго-лъабго сордо. Гьелдаса хадур районалдаса росулъе росун рачӏана чӏахӏи-чӏахӏиял чадрал. Хъиза-хъизамал ккун, гьенир жанир чӏана гӏадамал. Чӏолеб цӏадги букӏинчӏо. Цин зоб гвангъун, цӏваби раккун, цинги цӏад бан – гьеб гӏала-гъважа гьабуна дунялалъ.\nРосулъ вукӏана Агъай абулев, Хъараниса чи, нижехъаго чӏужуги ячарав. Как-диналде гьетӏи бугев чи вукӏана гьев. Гьес абуна киналгоги ракӏарун, тавбу гьабизе кколин. Рахун цо борхалъиялдегун, гьабуна тавбуги.\nХадур лъугьана гьенире раккизе районалдаса хӏакимзаби. Гьениса гочине кколин суал лъезе байбихьана гьез.\nГьеб хабар рекӏее гӏечӏо росуцоязе. Нижер инсуцаги росулъ рагӏи билълъарал цогидал чагӏазги жаваб кьуна, хадур балагьун умумузул хабалги тун, жал кирениги унарин. Тӏадежоялъе, Чачаналъа гочун росулъе тӏад руссаралдасаги 13-14 сон гурони гьечӏила жидер. Гьедин гьел лъугьиндал, хӏакимзабаз лъазабуна тукенги школаги къалин, колхозги гьаниб букӏунарин, гьадаб мегӏерги тӏаде ччукӏун бачӏун, нужер росуги биххулин. Тӏадежоялъе, ракьги букӏана чанго къоялъ кӏобокӏулебго кӏобокӏулеб.\nРосдада тӏадехун бугеб магӏарда бакӏ-бакӏал тӏун ун рагӏулилан, гьеб бихьизе вачӏинчӏев чи хутӏичӏо Буйнакскиялдасагун Махӏачхъалаялдаса. Расул Хӏамзатовцин вачӏун вукӏана. Нижедаги бихьана гьеб – тӏасан гали лъезе бажарулареб кӏодолъиялъул кьватӏалаби рукӏана гьенир. Гьадаб Чӏикӏаб хӏор бугеб рахъ ккола гьеб. Битӏараб-гьереси лъаларо, гьанже бицунеб буго добе нахъе ГЭСалъул лъим тӏамиялъ багъарун бугин гьеб ракьилан. Гьедин букӏарабани, цогидал росабазе ккелароанха къварилъи. Цӏобокь-Миякьоги биххана гурищ. 31 чиги хвана. Нижер росулъ минаби, Чачаналдаса гочун хадур, гьоркьор бакӏалги тун рарал рукӏана. Цӏобокь-Миякьо абуни магӏарул къагӏидаялда – цоясул азбар, цогидасул тӏох кколеб куцалда рарал рукӏана. Гъоркьан чвахулеб лъарги букӏана. Гьединлъидал, ччукӏун гьел минабигун, гъозие цӏикӏкӏараб къварилъиги ккана.\nГьединго Буйнакскиялдаги, Хъумторхъалаялдаги, цогидалъубги багъарана ракь. Гьелдаса хадуб цӏигьабураб район буго Хъумторхъала район.\n— Нужеда районалъул хӏакимзабаз кире рахъине бокьилебали гьикъанищ яги гьеб бакӏ чӏванкъотӏун жидецагойищ бихьизабураб?\n-Нужго гӏадин риххарал росаби ругин Экибулахъ, Капчугъай, Шамхалбулахъ, Эрпели росдал цо хъутангиян абуна нижеда. Гьелгун цолъизаризе цо росу базе бугилан.\nЦин нижеда бихьизабун букӏана чӏикӏасезда аскӏоб бугеб Къакъа абулеб бакӏ. Гьанжени росуги кӏодолъун, гьез цӏезабун буго гьеб. Алмалоги букӏун буго бихьизабун.\nАмма щаяли, гьел бакӏалги жалго тун, ниж гьанире, Учкенталде, кканаха. «Лъабго росу» абураб магӏна буго гьелъул. Гьадал тӏадехун рехсарал лъарагӏазул гӏисинал росабиги нижер Ахакьги данде кьабун лъугьана гьеб.\nБитӏун тӏогьолъ росарал ахалги тун, гочинаруна ниж гьениса салулги цӏураб, жакъа къоялде щвезегӏанги лъимги гьечӏеб бакӏалде. Доб мехалда баччун бачӏунаан росулъе лъим. Хадуб каналалдасан бачана. Амма росуги кӏодолъун, киназего гӏолеб гьечӏо.\n— Минаби разе хӏукуматалъ кумек гьабун батила.\n-Кутакалда гьабуна: хӏажатаб къайи-цӏаги кьуна, Гуржиялдаса, Осетиялдаса гӏолохъаби рукӏана гьанир жамгӏиял бакӏал ралел.\n— Нужер Ахакье чанго соналъ цее щведал, гӏурус пачаясул заманалдаго бараб кьодул щулалъиялъги некӏсияб мажгиталъул хутӏелазги хӏайран гьаюн йикӏана дун. Бузнаса нух бахъулеб бакӏги гьениб гӏагардаго бугин рагӏана.\n-Бузнасан генал рачӏунел рукӏаралха Ахакье жидерго дора рижулел нигӏматал, нижер тӏощалихъ, цӏулакьодухъ хисизе. Дида ракӏалда бугеб заманалда микьирги цӏибилги бачӏунаан гьез гьагьаздаги лъун. Максим Горькиясул цӏаралда бугеб колхоз букӏана ахакьдерил, рахъ-рахъалда хъутабиги ругеб.\nНухда бугеб, ракӏ гъураб росу букӏана нижер. Цояб рахъалда ишкартисел, дагьал тӏадегӏан – хъаранисел, генал. Кутакалда бечедал рохьалги руго гъора. Камураб пихъги букӏунаро. Гъветӏ-хералъул бицун пайдаго гьечӏо. Маялъул бащалъуда ландышал тӏегьала. Гьезул авлахъ буго гьениб. Дагьаб мехалъ гьезда аскӏор лъалхъани, макьу щола.\n— Нуж Учкенталде гочараб мехалдаса нахъе жанив щивго чи гьечӏого, тӏубанго рехун тунищ Ахакь букӏараб?\n-Букӏинчӏо. Гендерил чанго хъизан букӏана цебего гьенибе гочараб. Цӏакъ хур-ах хӏалтӏизабизе махщел бугел бихьинал руго гьезул. Гьеле гьел чӏана гьенирго.\nЦинги дагь-дагьккун Учкенталдасаги байбихьана нижер гӏадамал росулъе нахъруссине. Гьелъие гӏиллабиги батӏи-батӏиял рукӏана – ригь арал яги Учкенталда рукӏине рес рекъечӏел гӏадамал рукӏана гьел. Тӏабигӏатги тӏубанго батӏияб бугелъулха нижер. Анцӏго-анцӏила хадур соназ анцӏгойищали гурони чиго хвечӏо Ахакье нахъруссарал нижер гӏадамазул. Учкенталде гочинарун хадур абуни, кӏурун рана гьел, гьениб гьава-бакъги данде ккечӏого.\nГьедин, умумузул росулъе тӏад руссун арал ахакьдерил анцӏго цӏараки батила гъоба гьабсагӏаталда. Цо заманалда кутакалда цӏилъун бачӏунеб букӏана. Гьитӏинабго школагицин букӏана. Амма гьанже чӏунтулеб буго. Лъарги къун бугин рагӏана.\nШартӏал гьечӏони, щивха гьенив чӏелев?\nРосу хӏисабалда статус кьуни, гӏезегӏан жо гьабизе бажарилароанищха гьениб. Гьебги кьун гьечӏо.\n— Кӏицӏул гочинабураб росу кколеб бугоха нужер гьеб – цин кӏикъоабилел соназда Чачаналде, хадуб Учкенталде…\n-Лъабцӏул гочинаруна. Имам Шамилил аскаралъе магъало кьезе разилъичӏолъиялъ, гьес гочинарун рукӏана нижер умумул Чачаналъе. Гӏадамал нахъруссинаредухъ росуги бухӏун букӏун буго."}
{"slug": "8292-gippokratil-gayal-e-ritiukh-al", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8292-gippokratil-gayal-e-ritiukh-al", "title": "Гиппократил гьаялъе ритӏухъал", "date": "2020-05-27 05:53:34", "categories": ["med"], "text": "Цӏакъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебе «Хӏакъикъат» газеталдасан цӏалараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «Ганчӏил ракӏал ратила гьал тохтурзабазул» абураб макъалаялъ. Ахираб заманалда батӏи-батӏиял газетазул гьурмазда гӏемер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда магӏна релълъарал макъалаби.\nДица Тӏадегӏанав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир гӏагараб Хунзахъ районалъул тохтурзабаздаса ракьалдаса зобгӏан рикӏкӏад букӏиналъ ва кидаго хунздерил тохтурзаби махщалил рахъалъги унтараздехун хӏалимаб бербалагьиялъул рахъалъги цебесеб кьерда рукӏиналъ.\nДие цебего бокьун букӏана нижерго Харахьи участковияб больницаялъулги, гьенир хӏалтӏулел сахлъи цӏуниялъул махщалилазулги, гӏадамазул баркалаялъеги реццалъеги мустахӏикъаб хӏалтӏул газеталдасан бицине. М. Халиловасул макъала цӏалидал, гьеб пикру жеги щулалъана ва ракӏалде ккана гьеб макъалаялъул «героязулги» гьезда релълъарал цоги ратани, гьезулги рекӏелъе дагьабниги яхӏ-намусалъулги иманалъулги асар бачӏинародаян.\nХарахьи участковияб больница рагьана рагъдаса хадусел соназдаго. Гьелдаса нахъе гьенир, гьитӏинабго больницаялда, гӏемерал нухмалъулел хисана.\n1992 соналдаса нахъе больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго Харахьи росулъа Хъайтмазов Мухӏамадица. 1982 соналда Дагъистаналъул мединститут лъугӏарав Мухӏамад хӏалтӏизе витӏана Белгород областалъул Б. Валуйск шагьаралъул больницаялде хирург-травматологлъун. 10 соналъ гьенивги хӏалтӏун, 1992 соналда тӏад вуссана росулъе ва тӏамуна участковияб больницаялъул нухмалъулевлъун. Хӏалтӏул тӏоцересел къояздаго Мухӏамадида бихьана унтаразе больницаялда бакӏ цӏакъго къварилъун букӏин, палатаби, кабинетал, поликлиникаялъе рукъзал, бихьиназеги руччабазеги как балел бакӏал ва гӏемераб цогидабги хӏажат букӏин.\nНилъеда лъалаха 90-абилел ва хадусел соназул улкаялда букӏараб хӏапу-чапур. Гьеле гьеб заманалда ккана Хъайтмазов Мухӏамад больницаялде нухмалъи гьабизе. Заманалъул захӏмалъабазухъ балагьичӏого, Мухӏамад хӏалтӏуде гъорлъе лъугьана.\nГӏемерав векерахъдизе ккана районалъул нухмалъулезухъеги, республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдеги, жеги тӏадегӏанал идарабаздеги хӏалтӏи гьабизе сурсатазда хадув. Гьеб рахъалдасан Мухӏамадие кинабгӏаги кумек щвечӏо. Жинца тӏаде босараб хӏалтӏудехун гьесул бугеб цӏикӏкӏараб жавабчилъи бихьичӏого хутӏичӏо гьудул-гьалмагъзабазда, гӏага-божаразда, дагьабниги ресалда ругел росуцоязда. Къокъабго заманалда жаниб больницаялъул хьибилалда эхетана цӏияб, гӏатӏидаб, кӏитӏалаяб мина. Тӏоцебесеб тӏалаялда лъуна рентгенаппарат. Къваридалго рукъзабахъа гьенибего гочана лаборатория, физкабинет. Кӏиабилеб тӏалаялда рагьана лъималазул отделение. Аслияб корпусалда эркенлъана чӏахӏиязе палатаби, тохтурзабазе кабинетал, лъималазеги чӏахӏиязеги батӏа-батӏаго поликлиникабазе рукъзал. Гьебго заманалда больницаялда цебе эхетана киналго рахъаз санагӏалъаби ругеб, бокьараб мехалъ хинабги цӏорорабги лъимгун, гӏатӏидаб ва берцинаб, бихьиназеги руччабазеги батӏа-батӏаго как базе рес бугеб как балеб рукъ. Как балеб рукъилан гьелда абуниги, гьеб буго унго-унгояб мажгит. Аскӏобго бана хӏамамги.\nБольницаялъул нахъисеб рахъалда гӏурабго гӏатӏилъиялда гӏун бачӏунеб буго пихъил ах. Гьенибго бана унтаразе хӏухьбахъиялъе батӏи-батӏиял хӏаял гьаризе бегьулеб, бокьарасе цӏалдезе рес бугеб цӏулал рукъ.\nГьеб кинабгоги, гьанир рехсечӏел цогидалги гӏемерал хӏалтӏаби Мухӏамадица гьаруна хӏукуматалъул кумекалда божун чӏечӏого. Гьанже хӏажат букӏана жанисеб рахъалъе капиталияб ремонт гьабизеги тӏохда ккураб басрияб шифер хисизеги. Гьел хӏалтӏабазе, цо талихӏалъ, районалъул администрациялъул рахъалдасан кумек щвана ва къокъабго заманалда жаниб гьеб кӏудияб хӏалтӏиги рагӏалде бахъана.\nХъайтмазовас гьабурабщиналъул пикру гьабуни, ракӏалде ккезе бегьула, магӏишатияб хӏалтӏуде вуссун, жиндирго аслияб, гӏадамазул сахлъи цӏуниялъул ва хӏалтӏулаб коллективалъе нухмалъи гьабиялъул рахъалъ загӏиплъиги квалквалги ккечӏодаян.\nКкечӏо. Жиндирго аслияб хӏалтӏиги гьес цо лахӏзаталъги берзукьа борчӏизе течӏо. Тӏоцебесеб иргаялда, жиндехунго тӏалабчилъиги, жавабчилъиги, жигарчилъиги цӏикӏкӏарав Мухӏамадица гьебго тӏалаб гьабула коллективалдаса.\nБицинин цо дидаго бихьаралъулги. 2012 сон букӏанин ккола, дун витӏана унти мухӏкан гьабизе Махӏачхъалаялде, централияб поликлиникаялде. Гьенир щвалде щварал анализал гьаруна, батӏи-батӏиял аппаратазда лъуна ва ахиралда тохтуралъ хӏасилияб кагъат дихъе кьуна.\nДихъ кодоб цӏунун букӏана Харахьи больницаялда лаборант Гӏакъилова Патӏиматица гьарурал анализазулги тохтурзаби Хъайтмазов Мухӏамадицаги Хӏакимов Ибрагьимицаги, дир унти чӏезабун, дие рихьизарурал дарабазулги хъвараб кагъат. Гьеб дица гъой тохтуралда бихьунги букӏинчӏо. Хадуб балагьидал, гьел данде кколел ратана. Гьеб бихьарабго тохтуралъ, бетӏерги кӏибикӏун, дида абуна: «Гьадинал тохтурзабиги лаборанталги ругеб бакӏалдасаги нуж гьанире щвезегӏан щай рачӏунел?» -ян.\nГьелъги батила, гьитӏинабго больницаялда хӏалтӏулев 8-ясда гьоркьоса щугояв ДРялъул мустахӏикъав тохтур вукӏана. Гьанже гьезул кӏигояв нилъедаса ратӏалъун (гьезул мунагьал чурун ратаги), цояв пенсиялде ун, кӏигояв хутӏун вуго. Живго Мухӏамадги ккола ДРялъул мустахӏикъав тохтур.\nНилъер умумуздасанго бачӏараб гӏакъилаб аби буго, хӏалтӏи бокьулес кигӏан захӏматал шартӏаздаги гьеб гьабизе ресал ралагьулин ва бокьуларес гьабичӏого теялъе багьнал ралагьулин абураб.\nГьеб абиялъул ритӏухълъи бихьула Хъайтмазовасул коллективалъул мисалалда. Гьениб щивасда бичӏчӏулеб буго унтарав чиясул рекӏел тӏеренлъиги, нервабазул загӏиплъиги, гӏамалалъул мазликълъиги. Гьединабго бербалагьи хасиятаб буго квен-тӏехалъул ва рацӏцӏа-ракъалъиялъул бутӏаялъул хӏалтӏухъабазеги. Больницаялъул минаялъуб киса-кибго чӏезабун буго мисалияб рацӏцӏа-ракъалъи, унтаразе санагӏалъи.\nАбичӏого гӏоларо чанго рагӏи кванил устарзабазул хӏакъалъулъги. Гьез унтаразе хӏадурула данде кколеб тӏагӏамаб квен.\nДидаго гӏемер рагӏана чанго унтарас: «Гьадинаб квен кидаго жидер рокъобги букӏунаро», -ян абулеб.\nАхираб заманалда больницаялъул нухмалъулесул разилъи гьечӏолъи бугоан унтаразе хӏукуматалъ биччалеб шагьи-пара соналдаса соналде мукъсанлъулеб букӏиналда бан. Нилъеда бихьулеб буго «коронавирус» абулеб балагьаб унтиялъ дунялалдаго гьабулеб бугеб балагь. Цебе рехун рачӏунел руго сахлъи цӏуниялда хӏукуматалъ риччарал гъалатӏал. Хьул лъолеб буго гьанжениги Россиялъ сахлъи цӏуниялде букӏине кколеб кӏвар кьелилан.\nГьеб балагьаб вирусалда хурхунги Харахьи больницаялъул коллективалъ цӏикӏкӏараб жавабчилъиги жигарчилъиги бихьизабулеб буго, гьел руго унтиялде данде къеркьеялъул цебесеб кьерда. Гьоркьоса къотӏичӏого гьабулеб буго халкъалъе бичӏчӏи кьеялъул хӏалтӏи, кумек гьабулеб буго ишалъулал малъа-хъваяздалъун.\nХӏасил гьабун абуни, Хъайтмазов Мухӏамадицаги гьесул коллективалъги гӏумру гьабулеб буго жидерго халкъалъул унтуцаги унтун, роххалица рохизарун.\nРакьалда унеб бигьаяб гуреб гӏумруялъулъ гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабулеб буго гӏадамазул гӏумру сахаблъун букӏиналъе."}
{"slug": "8293-gudull-iyal-ul-baga", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8293-gudull-iyal-ul-baga", "title": "Гьудуллъиялъул багьа", "date": "2020-05-27 08:19:04", "categories": ["lit"], "text": "Щуго соналъ цадахъ цӏаларай, щуго соналъ цадахъ гӏумру гьабун йикӏарай Раисатил васасул берталъе Махӏачхъалаялде ине къоял рикӏкӏуней йикӏана Хамиз. Гьенир данделъизе къотӏи гьабун букӏана цогидал курсцоязги. Хамизил цӏакъ гъира букӏана лъеберго соналъ йихьичӏей гьудул йихьизе. Гьелда рагӏун букӏана Раисатил бечелъиялъул бицунебги. Божизе бокьун букӏинчӏо бечелъиялда цадахъ Раисатил гӏамал кӏодолъун бугин гӏадамаз рицунел харбазда.\nХамизица, цӏалун яхъинегӏан, кумек гьабуна Раисатие – эбелалъ магӏарухъа рачӏарал кванил нигӏматалги ращад гьарулаан. Хамизил эбел Гӏайшатилги букӏана Раисатидехун гьединабго бербалагьи: жиндирго ясалъе кьолелъул, гӏарацги кьолаан Раисатие, цадахъ ясалги рачун концерталде, киноялдеги унаан гьей.\nГьелъиеги бокьун букӏана жинца яслъун рикӏкӏуней йикӏарай Раисатил васасул берталъе шагьаралде ине. Доб мехалда, ясазухъе шагьаралде ячӏунелъул, Гӏайшатица гьезие натӏухӏги рахьдада бахъухъги бачӏунаан. Гьей ячӏарайго, цадахъ цӏалулел ясал Хамизихъ данделъулаан – гьезие цӏакъ бокьулаан Гӏайшатил бахъухъги натӏухӏги.\nГьанжеги, берталъе къачӏалаго, гьелъ хӏадурана натӏухӏги бахъухъги. Шагьаралде щвезегӏанги, жиндие гьабизе бугеб дандчӏваялъул пикрабазда йикӏана Гӏайшат. Гьелъ цебе чӏезабулеб букӏана: «Вай, дир Гӏаши ункъачо!» — ян горбода хурхуней Раисат. Цинги Хамизил гьудулзабаз сверун кколей гьай. Гӏаши ункъачо, ниж урхъун рукӏанин дур натӏухӏалъухъиланги абун, гьаз кӏудияб гъираялда кваналеб натӏухӏ. Раисатица гьай гӏодой чӏезаюлеб йиго чӏухӏараб стол.\nЦо заманалдасан Гӏаши ункъачое кӏалъазе рагӏиги кьола.\nЦо-цо жиндиего гьимулейги йикӏана Гӏайшат…\nБертин гьабулеб чӏухӏараб залалде аскӏоре гӏагарлъанагӏан, Гӏайшат жиндирго гордихъ чанго нухалъ ялагьана – гьелъ гьеб букъизабун букӏана берталъ кьурдизе гӏоло. Залалде жанире лъугьаралго, йихьана Хамизидаги Гӏайшатидаги Раисат. Амма Раисат гьазда аскӏое ячӏине гӏедегӏулей йикӏинчӏо – гьелъ къабул гьарулел рукӏана жийго гӏадал чӏухӏараб ретӏа-къаялъул руччаби.\nГьазде аскӏое ячӏана Хамизил курсцояй. Гӏодана – руцӏцӏана, цадахъ цӏалулеб рукӏараб заман ракӏалде щвезабуна. Цинги гьелъ Хамизги Гӏайшатги Раисатиде аскӏоре рачана…\nГӏайшатил гьумер кьерхана – лъеберго соналъ йихьичӏей Гӏаши ункъачода гьелъ я къвал бачӏо, я баичӏо, я хӏеренго кӏалъачӏо. Щибаб къойил рихьулезул гӏадин, кверги бачун, рачӏаралищан кӏалъана гьей.\nГӏайшатги цӏорон хутӏана, гӏунарал анищалгун. Гьелда кколеб букӏана, хӏатӏазда гъоркь бугеб ракьги тӏун, жий йортун уней йигилан.\nЩиб гьабилебали лъаларого, Хамизги хутӏана. Гьал тӏуркӏизаруна Раисатил гогьаб релъиялъ. Цо заманалдасан Раисатица абуна, жий регӏизегӏан гьанир гӏодор чӏайилан ва лъиданиги рихьулареб бакӏалде рачана.\nГьенирго гӏодор чӏун рукӏана Раисатил цогидал курсцоялги.\nТӏоцересел кьеразда рукӏана кӏудиял хъулухъазда ругел хӏакимзабиги гьезул лъудбиги, бахӏаралъулги бахӏарасулги гьудулзабиги, цадахъ хӏалтӏулелги. Раисатил заман букӏинчӏо гӏадатиял гӏадамазде аскӏое ячӏине.\nИрга щвечӏо Гӏайшатидеги, бахӏаразе гьара-рахьи гьабизе ва сайгъат кьезе. Гьелъ бахӏаразе кьезе букӏана жинцаго бессараб гьитӏинаб халичаги ва угьарал квербацӏцӏалги. Бахӏаразде хьвагӏулеб гӏарац бихьидал, гьелъ жиндирго сайгъат къадараблъун рикӏкӏана. Гьелда ракӏалдецин ккечӏо, сайгъатги босун, бахӏаразде аскӏое ине. Кьурдизеги щвечӏо Гӏайшатие – гьелъие бокьун букӏана гӏолилазда унго- унгояб магӏарул кьурди бихьизабизе. Амма гьелде регӏаралги гьеб къваригӏаралги залалда рукӏинчӏо. Магӏарул мацӏалда кӏалъалелги рукӏинчӏо гьенир. Хамизги Гӏайшатги берталъа нахъе инги лъиданиги бихьичӏо.\nЦо-цо нахъ — нахъцин ялагьулей йикӏана Гӏайшат – гьелда кколеб букӏана жинда рагӏулеб бугин: «Гӏаши ункъачо, тӏад юсса!» — ян ахӏулеб Раисатил гьаракь. Амма Гӏайшатил гӏундул гъугъ гьаруна, бахӏаразул машина аскӏосан унеб мехалда, букӏараб кутакаб кьвагьиялъ…"}
{"slug": "8294-kiodokhimal-khabar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8294-kiodokhimal-khabar", "title": "Кӏодохӏмал хабар", "date": "2020-05-27 08:23:09", "categories": ["insan"], "text": "Доб букӏана 1966 соналъул июнь моцӏ. Туркмениялъул Мари шагьаралда хӏалтӏулев вукӏарав дун, лъади ячине вачӏаян инсуцаги ахӏун, отпускги босун, «Ташкент-Кисловодск» поездалда сапаралъ вахъана.\nБосараб белтида рекъон, вагоналъуве лъугьунаго, гьений дандчӏварай 18-19 сон барай гӏолилай йихьидал, дун чӏун хутӏана. Чӏахӏиял чӏегӏерал берал, мугъзадаса гъоркье биччараб бицатаб гъал, узданаб лага-черх, би-рахь жубараб гӏадаб кьералъул гьумер. Къокъго абуни, унго-унгояй хӏурулгӏин йигоан.\nГьей ясгун цадахъ вукӏана къокъаб черхалъул, хӏалакъаб лагаялъул, чӏегӏеркӏкӏуяб тӏомалъул, лъабкъойилъа араб гӏадаб ригьалъул чи.\nБачӏинахъего, купеялъул ихтияр кодосев жив вугеблъи лъазабизе бокьараб гӏадин, гъоркьа-гъоркьан бералги речӏчӏизарун, кьварараб гьаркьидалъун буссинабуна гьес дир салам. Щиб гьабулев дун вугониги, гьес дида тӏаса бер босулароан, къваригӏелалъ къватӏиве аниги, векерун гӏадин, заман иналдего тӏад вуссун вачӏунаан.\n«Ильичил» станциялда поезд сагӏаталъ лъалхъине буго», — ян гермапулалъ лъазабидал, херав, «цӏалеб жоялда хадувинги» абун, купеялъуса къватӏиве ана.\n— Гьасие къваригӏунеб цӏалеб жо щвезе саламатго заман къваригӏина, — ян абуна ясалъ.\nХадуб гьелъ бицана жиндирго къисматалъул кьогӏаб къисаги.\n— Осетиялъул Беслан шагьаралда аскӏоб бугеб гьитӏинабго росулъа ккола дун. Цӏарги дида Фарида буго. Щуго сон байдал эменги хун, гьитӏинго бесдаллъана. Тӏадежоялъе, унтарай эбелалъул тӏалаб-агъазалъул захӏмалъиги тӏубанго диде тӏаде бегана, гьелъие дару-дарманги дицаго гьабизе кколаан. Гьелъги батила, дица ният гьабуна тохтурлъун цӏализе ине. Амма хадуб гьеб анищ дица дирго рекӏел тӏиналда букъизе ккана.\nГъоркьиса июнь моцӏалъул авалалда Туркменисталъул Тахта-базар шагьаралда даран-базаралда йигей дир яцгӏал Чабаханица дихъе битӏун бачӏараб кагътида хъван букӏана: «… хӏалчӏахъад, Фарида, мединституталде мун лъугьинайизе хӏадурлъи гьабун буго, кӏванагӏан хехго гьание щва…», — ян.\nГьеб кагъатги цӏалун, эбелалъ абуна: «Фарида, дир месед, заман щвана дур букӏинеселда тӏад ургъизе. Мадугьалзабазги гӏагарлъиялъги дие камураб жо толаро, мун дурго анищалда хадуй яхъине ккола», — ян.\nБасриябго минаялъуб, «хӏалакъабго» яшавалда ятана «бечедай Чабахан». Къарз кьеян, щибаб къоялъ гьелъухъе рачӏунел чагӏаздасан нижеда бичӏчӏана, гьей, хӏарщулъ хӏама гӏадин, къарзазулъ къан йикӏин.\nХадуб Чабаханица бицана жийго мискинлъиялде ккеялъул «балъголъи».\n«Тахта-базар шагьаралда наркотикал ричиялъул дир даран цӏакъ лъикӏ унеб букӏана. Чӏухӏараб минаги машинаги бугей дун, туркменаз бечедай, ай къадруяй гӏаданлъун рикӏкӏунаан.\nАфгъанистаналдаса дие наркотикал щвезарулел гӏолохъаби таможниялда тӏатинарун, милициялъ жанир тӏамуна. Гьел дида гурхӏилищха, туснахъалдаса йорчӏизелъун, «чӏахӏиял чагӏазе» ришваталъе кьун, кинабго дир бечелъи тӏагӏана. Цӏидасан добго бизнесалда байбихьизеян къарзалъе босараб гӏемераб гӏарацгун наркотиказда хадур Афгъанистаналде арав кӏиго туркменавги, араб мухъ-рахъ лъачӏого, тӏагӏана. Гьанже дир иш, дуда бихьухъе, пакъирлъиялде ккун буго, къарз нахъе тӏалаб гьабун рачӏунезги чара хвезабун буго. «Бечедай Чабахан» абун цӏар щварай дун, мискин-пакъир гӏадин, росулъе тӏад юссинеги бокьун гьечӏо. Хирияй Фарида, цохӏо духъа бажарула дие кумек гьабун, къарзазул хьуцӏилъа дун яхъун», — ан, жиндирго кӏаркьеналдаса гирун унеб магӏуги бацӏцӏунаго, гьелъ дида къвал бана.\n— Дидасан щиб кумекгӏаги дуе щвелеб?! -илан абуна дица.\n— Тахта-базар шагьаралъул наркотиказул иш кодосев туркменав Ниязил вуго Амин абун вас — цӏакъ гьайбатав гӏолохъанчи. Мун гьесие ине разилъани, нилъер гӏумру алжаналъул ахикь муъминчиясул гӏадаб букӏина, — ян абуна гьелъ, дир ботӏрода кверги бахъун.\nГьоркьоб заман иналде Чабаханица, диргун лъай-хъвай гьабизе Амин рокъове ахӏизеян, бечедаб тепси гӏуцӏана. Борхатаб черхалъул, гӏодобе биччараб гӏамалалъул, гьайбатаб гьумералъул гӏолохъанчи вугоан Аминги. Гьесда дир ракӏ рекъана, яцгӏалалъе кумекги букӏинин абураб хьулалда, дун гьесие ине разилъана. Цӏараб сордоялъ ниж бахӏарасул рокъоре магьари лъезе рачине машина битӏун бачӏана.\nЦӏияб гӏагарлъиялъулгун лъай- хъвай гьабулаго, тӏаде вачӏана дибирги, чараб халгӏат ретӏарав, цӏцӏел гӏадаб мегежалъул чиги, гьебго куц- мухъалъул лъабго туркменавги. Гьел гьеб рукъалъул чагӏазулгун хъваш- башалда рукӏаго, гьекъеян абун цо гӏаданалъ дихъе бегьун бачӏана рахьдал гӏадаб кьералъул лъамалъиялъ цӏураб гьитӏинабго чинидул суркӏа.\n— Хӏинкъуге, гьей ккола бахӏарасул яц, гьазул гӏадаталда рекъон, бахӏаралъ гьеб суркӏаялда жаниб бугеб гӏаладул рахь (кумыс) тӏубанго гьекъезе ккола, — ян малъана Чабаханица дида.\nЗаман иналдего дир черх гӏажаибго хинлъун, дунгоги ургъел гьечӏого гӏадин, йохун лъугьана. Цо рагӏиги абун, дибирас киналго жиндихъго гӏенеккизаруна.\nМехтун гӏадин лъугьарай дида, гьез бицунеб жоги, магьари лъейги макьилъ гӏадин бихьулеб букӏана. Хадуб ккараб лъаларо, рогьалилъ тӏуркӏун йорчӏарай дун, херав, чӏегӏерав ва хӏалакъав «бахӏарасул» къвалакь ятана.\nЦӏакъ бечедав чи ватана дир херав-бахӏаравги. Цӏорол цӏарагӏ босун унев чи гӏадин вукӏуна гьев дие щибгӏаги къварилъи ккеялда хӏинкъун. Бихьинкету дихъ балагьаниги, щакдарула. Пайда щиб, гьесда берчӏваялдаса дие загьруяб борохь бихьизе бокьулеб бугони. Тӏадежоялъе, гьес наркотикалги хӏалтӏизарула, росасул борч тӏубазабунги гьесухъа бажаруларо, гьединлъидал, лъимерги дие щвезехъин гьечӏо», — ян угьун хӏухьел биччана Фаридаца.\n— Яцгӏал?!\n— Яцгӏалалъе щиб, гьелъие гӏарац щвана, гьанже гьелъул иш лъикӏ буго.\n— Гьанже нуж киреха рахъарал?\n— Гьаб «шайтӏан» батӏа гьабизе кӏвелародаян ургъулаго, дун дирго ватӏаналде — Осетиялде тӏад юссуней йиго. Асатӏинал руго берцинаб куц-мухъалъул ва чӏухӏараб гӏамал- хасияталъул гӏадамал. Гьаб «маймалакги» бачун дун росулъе ячӏани, гьез дида щиб абизе бугебалиги лъаларо.\nЖиризабун кӏалгун, вохуца холаго вачӏана Фаридал рос. Цин велъун, хадув гӏодун, маймалак гӏадин кӏанцӏон, нижее кӏудияб концерт кьуна наркотикалъ мехтарав гьес. Хадуб, цӏакъ свакарав чияс гӏадин, хӏухьелги биччан, гӏодов кӏусаравго, кьижун ккана.\n— Гьалеха дир «гьайбатав» рос, — ан бетӏер кӏибикӏана асатӏиналъ.\nХадуб, щибалиго ракӏалде щвараб гӏадинги лъугьун, кьижарав росасде килищги битӏун, гьелъ абуна:\n— Гьаб шайтӏан бегараб бусада гъоркь бугеб ящикалъуб буго лъабго чемодан цӏураб нижер хазина. Нилъер поезд къаси Красноводскиялде щола ва, саламатаб заманалъ, гьениб лъалхъула. Гьав чи дидаса ватӏа гьавуни, кӏиябго чемодан дур буго, гьезда жаниб бугеб бечелъи дуе гӏумруялъ гӏола, — ян.\n— Фарида, дида бичӏчӏула дуца хӏехьезе ккараб гӏакъубаги, дур рекӏее бугеб захӏмалъиги. Дун ккола бусурбанчи, Аллагьасул лагъ. Хирияб Къуръаналда хъван буго рос-лъади ратӏа гьариялдаса кӏудияб хӏакъ щибго гьечӏилан. Гӏайиб гьабуге, дида кӏоларо дур гьари тӏубазе, — янги абун, дица хабар къотӏизабуна.\nБакуялде поезд гӏагарлъулагоги байбихьана Фаридаца добго рахъу хъирщизе.\n— Ясазул мурад тӏубазаби Кавказалъул гӏолохъабаз тӏадаб борчлъун рикӏкӏуна. Гьабе дие кумек, батӏа гьабе дидаса гьаб маймалак, босе гьаб бечелъиги, — ян гьардана гьей.\n— Пулан гӏадав дур росасе ахираталде нух битӏиялъе кӏудияб бахӏарчилъи къваригӏинаро, амма Аллагьас какараб такъсир дица гьабуларо, -ян, инкар ккун дунги чӏана.\nМахӏачхъалаялъул вокзалалда, поездалдаса гъоркье лъугьунаго, «нух битӏаги» абураб дир каламалъе жавабги кьечӏого, къварилъун дихъги ялагьун, Фаридаца абуна:\n— Гьаб рухӏчӏаголъиялъухъ дица дуе цӏакъ кӏудияб хазина кьолеб букӏана. Амма дур тавакаллъи гӏечӏо, мун хӏинкъана. Щиб гьабилеб? Йохъ, гьаб маймалакги бачун дун росулъе унаро. Бесланалда ралагьила дица гӏарцул къиматги лъалел, рекӏелъ ракьаги бугел гӏолохъаби, — янги абун, гьей кьурун юссун жиндирго купеялъуе ана.\nЛъаларо хадуб щиб гьезул ккарабали.\nИнсанасе бищунго къиматаб жо ккола гӏумру. Халикъасул гурони ихтияр букӏунаро гьев гӏумруялдаса ватӏа гьавизеги.\nИсламияб диналъ чорхолъ иман щула гьабун букӏинчӏебани, бечелъиялда бер бахиллъун, дихъаги гъалатӏ ккезе бегьулаан. Хирияб тӏехьалда хъвараб «Дунялалъул боцӏуде бер халалъун, жужахӏалъул гӏазаб босуге»,-абураб малъи гӏадахъ босиялъ, Аллагьас гӏумруялъго квер чӏвана дида. Туркменистаналдаса рокъове щварабго, инсуца дие ячана лъади, нижер буго бечедаб магӏишат, берккезе хӏинкъараб анлъго лъимер ва гьезулги анцӏила цо лъимер.\nБигьаго бечелъизе бокьун, чияр биялъ кверал хъублъизарун рукӏаралани, кин дун валагьизе вукӏарав дирго лъималазул бадиве?! Ахираталда Бетӏергьанасда цебе кин дица жаваб кьезе букӏараб, — ян лъугӏизабуна Кӏодохӏмадица жиндирго хабар."}
{"slug": "8357-giumruyal-e-khiink-igun-k-erkolel-rugo-tokhturzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8357-giumruyal-e-khiink-igun-k-erkolel-rugo-tokhturzabi", "title": "Гӏумруялъе хӏинкъигун къеркьолел руго тохтурзаби", "date": "2020-06-01 07:08:22", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Инсанасул сахлъи цӏуниялъул фронталда тушманаб коронавируса- лъулгун цебесеб кьерда рагъ балеб буго жакъа тохтурас.\nТохтурасул махщел ккола бахӏарчилъиян абулаан машгьурав хъвадарухъан ва тохтур Антон Чеховас.\n«Тохтурасул махщелалъе кидаго хӏажатаб буго пикрабазулги рекӏелги бацӏцӏалъи. Тохтур вукӏине ккола гӏакъилавлъун, рухӏияб рахъалъ вацӏцӏадавлъун ва къамартӏавлъун», — илан абуна гьес.\nКоронавирусалъул пандемиялъул квачӏикье ккана Бежтӏа участока- лъул росабиги. Гьелъ кьучӏдасанго хисизабуна халкъалъул гӏумру. Хасго захӏмалъана участкаялъул централияб больницаялъул тохтурзабазул хӏалтӏи. Макьуги, хӏалхьиги, хъизам-рукъги кӏоченабуна гьезда, росдал больницаялде рачӏунел унтарал гӏемерлъиялъ. Тӏаса бищараб пишаялъе ритӏухълъиги цӏунун, намус бацӏцӏадго хӏалтӏулел руго гьенир жакъа къоялъул бахӏарзал: Сагӏдула Сомоев, Зарема Халилова, Мадина Мухӏамадова, Патуллагь Мухӏамадов, Нажмудин Гӏабдулатӏипов, Мухӏамад Гӏабдулмажидов, Хӏусен Дибиров, Гӏали Шайхмухӏамадов, Наида Къурбангӏалиева, Аида Гӏабдурахӏманова, Патӏимат Къебедова, Эсмира Нукъушева, Эльмира Юсупова ва гӏемерал цогидалги. Руго гьезда гьоркьор гӏемерсонилаб хӏалбихьи бугелги гӏолохъаналги. Ригьалъухъ ва хӏалтӏул соназухъ балагьичӏого, ракӏунтун тӏубазабула гьез жидеда тӏадаб иш.\nГьел хӏалтӏулел руго сваканин, чӏалгӏанин, рокъор ругел масъалабиги тӏуразаризе кколин абун зигардичӏого. Батӏайиса букӏине ресги гьечӏо. Гьезул махщалида, бажариялда ва заманалда кумек гьабизе рортиялда бараб буго ракьцоязул, росуцоязул гӏумру.\nУ, бигьаго гьечӏо. Захӏмалъаби гӏемер руго. Буго тохтурзабазулги гӏумруялъе хӏинкъи. Рагъдаго гӏадин, больницаялдаги жакъа хӏажат буго къвакӏи, къохӏехьей, кьварараб низам цӏуни. Ва гьеб кинабго загьирлъулеб буго COVID-19 абураб балагьгун къеркьолел тохтурзабазулъ.\nЗахӏматаб заманалда больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго гӏолохъанав тохтур, бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Гӏали Гӏабдулмажидовас. Гьесухъа бажарана хӏалтӏи мухӏканаб тартибалда гӏуцӏизе ва больницаялъе хӏажатал алаталгун дараби чӏезаризе.\nГьабун букӏана росуцоязде хитӏабги – рокъоса къватӏире рахъунгеян, больницаялъе кумек гьабеян. Ругелщинал ресаздаса пайдаги босун, Гӏалихъа бажарана унтаразул къадар дагьлъиялъе шартӏал гӏуцӏизе. Лъикӏал шартӏал гӏуцӏана гьес больницаялъул хӏалтӏухъабазул сахлъи цӏуниялъеги.\nТохтурзабаздаса хӏалуцин бахъиялъулги нилъерго сахлъигун гӏумру цӏуниялъулги мурадалда тадбирал гьаризе ккола щивав чияс.\nЩибниги захӏматаб жо тӏалаб гьабулеб гьечӏо нилъедасан – гӏицӏго рокъор рукӏин гурони. Рокъоб рацӏцӏалъи чӏезабиги, къватӏиса рокъоре щведал, кверал чуриги. Цадахъ лъугьун дандечӏун гурони, дунялалдаго тӏибитӏараб унти тӏагӏинабизе бажаруларо."}
{"slug": "8358-barkala-akhimad-afandi-sakhl-i-kegi-due", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8358-barkala-akhimad-afandi-sakhl-i-kegi-due", "title": "Баркала, Ахӏмад афанди, сахлъи кьеги дуе!", "date": "2020-06-01 07:14:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница видеоконференция тӏобитӏана нилъер республикаялъул нухмалъигун. Гьединго гьелда гӏахьаллъана муфтий Ахӏмад—Хӏажи афандиги. Республикаялда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал—хӏалалда тӏасан хабар ккана гьениб. Кӏвар бугел суалалги рорхана.\nРагӏи—рагӏиккун гьениб бицарабщинаб жо жакъа газеталдасан кьеялъул магӏна бихьуларо. Гьелъул нусго батӏияб свери гьабун кьуна телеэфираздасан, интернеталъ ва социалиял гьиназги.\nКъокъ гьабун республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас бицана коронавирусалде данде регионалда гьабулеб бугеб хӏалтӏул ва абуна республикаялъе цӏакъ хӏажат бугила инфекциялъулаб госпиталь базе. Парламенталъул спикер Хизри Шихсагӏидовас гьениб гьоркьоб речӏчӏизабуна 1999 сон, дагъистаниязда ракӏалда бугила мун Болъихъе вачӏун вукӏараб мех, гьез дур цӏар адабалда рехсолилан. Амма бищунго кӏвар бугеблъун гьес рехсана Конституциялда хиса-басиял гьариялъул суал, гьеб нахъе бахъун тогейиланги гьарана Владимир Путинида, республикаялъул халкъ цӏакъ балагьун чӏун бугила гьеб къо тӏаде щвеялъухъ.\nКӏудияб талихӏ кканилан абизе бегьула гьеб тадбиралда республикаялъул муфтий Ахӏмад-Хӏажи афандияс гӏахьаллъи гьаби.\nУлкаялъул нухмалъулесе нилъер гьаниб бугеб захӏматаб ахӏвал- хӏалалъул, халкъалъул къварилъиялъул, гӏолеб гьечӏеб дару-сабабалъул рагьун баян кьуна гьес.\nУнтудехун цо-цоязул тӏаса- масагояб бербалагьи бугилан, халкъ рехун тезе бегьуларилан бичӏчӏизабуна гьес президентасда.\nВладимир Путиница, баркалаги кьун, сахлъигун парахалъиги гьарана муфтиясе, гьесул цӏарги рехсон. Амма гӏурус мацӏалда гуреб, бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда абуна — Ахӏмад афандийилан.\nПрезидентас гьеб данделъи тӏобитӏун нахъисел къояз гьелъул хӏасилалги загьирлъизе байбихьана. Республикаялда киса-кирего дезинфекциялъулал тадбирал тӏоритӏизе Ростовалдасагун Брянскиялдаса МЧСалъул кӏудияб къокъа тӏаде щвана. Гьединго, РФялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Ивановасги бухьана сапар нилъехъе. Гьезул хӏалтӏухъабаз 200 чиясе бакӏ бугеб инфекционнияб центр базе буго республикаялда.\nПрезидентасда бугеб хӏакъикъат бихьичӏого рес букӏинчӏо\n«Черновик» газеталъул политикияв обозреватель Мухӏамад Мухӏамадов:\n«Владимир Путиница республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалде кӏвар кьеялдасан бихьулеб буго регионалда коронавирусалде данде гьабулеб хӏалтӏи гӏодобегӏанаб даражаялда букӏин. Захӏматго унтун ругезул ва рекӏкӏаб гӏузруялъ рецун ралел гӏадамазул хӏакъалъулъ гьоркьоса къотӏичӏого социалиял гьиназ хъвалеб мехалъ, гьелде кӏвар буссинабичӏого рес букӏинчӏо президентасул.\nБугеб ахӏвал-хӏалгун къеркьезе Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул гьечӏеб бажари бихьун, гӏадамаз гӏемераб ахӏи бахъинабуна интернеталдасан. Сахлъи цӏуниялъул министр хӏалтӏудаса вахъи тӏалаб гьабун, РФялъул сахлъи цӏуниялъул министрасулги президентасулги цӏаразда кагътал хъвана республикаялъул жамгӏиял церехъабазги. Гьединлъидал хӏажалъи ккана кинаб букӏаниги хӏукму къотӏизе.\nМуфтияс президентасе баян гьабуна республикаялда бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏалалъул сурат. Гьеб гӏемеразда лъалеб, баянаб букӏаниги, президентасда абулев чи къваригӏун вукӏана ва Ахӏмад-Хӏажи афандияс чӏванкъотӏун рагьана хӏакъикъат улкаялъул нухмалъулесе.\nХизри Шихсагӏидовас абуна жиндиего абизе бокьараб куцалда. Гьаниб щибниги я тӏаде жубазе, я тӏаса бахъизе жо гьечӏин ккола. Социалиял гьиназ кколеб къимат кьуна гьесул кӏалъаялъе. Гьелъ, тӏоцебесеб иргаялда, живго Хизри Шихсагӏидовасул къадру-къиматалде рагӏадги рехизабуна.\nПрезидентас гӏадамазул рекӏелъ рекъолел хӏужаби рехсана гьеб данделъиялда. Абуна гӏадамал сах гьаризе госпиталь базе ва гӏарцудалъун кумек гьабизе бугиланги».\n«Дун Васильев цӏунулев гуро, амма…»\nЖамгӏияв хӏаракатчи Гӏисалмухӏамад Набиев:\n«Республикаялда бугеб гӏадатияб гуреб ахӏал-хӏалги бихьун, нилъер гьанибе кӏвар буссинабуна Владимир Путиница. Гьеб лъикӏаб хӏужалъун рехсезе бегьила. Амма квешго нечана Хизри Шихсагӏидовасул кӏалъай рагӏараб мехалъ.\nРекӏее гӏечӏо гьадинаб захӏматаб ахӏвал-хӏал республикаялда букӏиналъе гӏайиб тӏоцебе гӏадамазда бугилан абиги. Чӏванкъотӏун, кьварун щайха тӏалаб гьабичӏеб гӏадамаздаса цӏодорлъи? Бичча-бихъан тана гӏадлу-низамалъул иш, гьелъ нилъги рачана гьабсагӏат бугеб ахӏвал- хӏалалде.\nАмма дица рахъ кколаро Васильев нахъе ине кколин кӏанцӏолезулги. Кӏочон тезе бегьуларо 20-25 соналъ кин нилъер республика букӏарабали. Гьаниб кинабгӏаги къанун букӏинчӏо хӏалтӏулеб, къанун жидерго хъатикь ккун букӏана хъачагъазги рекетазги. Щибаб районалда, щибаб мухъалда гӏуцӏун букӏана гьез жидерго ханлъи. Гьезул рахӏму гьечӏолъи, ритӏухълъи лъалареб тӏалъи хӏехьон нилъги рукӏана. Дун гьабсагӏат Васильев цӏунун кӏалъалев чи гуро, амма кӏочон тезе бегьуларо нилъго рукӏараб даражаги»."}
{"slug": "8360-og-barkaman-nigimatazul-tsiak-l-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8360-og-barkaman-nigimatazul-tsiak-l-i", "title": "Огь, баркаман, нигӏматазул цӏакълъи!", "date": "2020-06-01 08:13:11", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Дица рикӏкӏуна росдал магӏишаталда хӏалтӏулел захӏматчагӏи жидерго ватӏаналъул унго—унгоял патриотал кколилан. Щибха Аллагьасул рахъалдасан кириги гӏадамазул рахъалдасан баркалаги цӏикӏкӏараб букӏинеб, рацӏцӏадал, хӏалалал кванил нигӏматаздалъун гӏадамал хьезариялдаса? Румазул император Гай Юлий Цезарица абулеб букӏун буго: «Провинциялда тӏоцевесевлъунго лъикӏ, шагьаралда кӏиабилевлъуналдаса», —ян. Дагьал церегӏан соназцин гьеб пикруялда советияб лъайгун тарбия щварал разилъулел рукӏарал ратани, жакъасеб гӏелалъе бокьулеб буго рахӏатаб, амма щиб кваналеб, кинаб гьава цӏалеб бугебали лъалареб шагьар. Росдал гӏумруги, гьениб гьабулеб хӏалтӏиги я бокьулеб, я лъалеб гьечӏо гӏемерисезда. Тӏубан батӏияб батана дида нилъер районалъул Сивухъ росулъа Мухӏамадаминовазул хъизан. «Захӏматалъ берцин гьавулин инсан» абураб кици гьеле гьединал гӏадамазул хӏакъалъулъин батулеб.\nДир гӏадат гьечӏо хасаб мурадалда цо лъие букӏаниги рецц-бакъ гьабулеб. Бералда бихьаралдалъун кьезе хӏаракат бахъула сундуего къимат.\nКарантиналъул каникулазда кванил нигӏматазда хадуй унаго, дун тӏаде ккана, Пикапалда бичулеб росдал магӏишаталъул продукциялде. Щибаб нигӏматалъул цо-цо жоги босун, дун къокъана бищун согӏаб судалде цее… Хӏинкъи букӏана гӏумруялъ хур-херги гьабурай, боцӏи-панзги хьихьарай эбелалъул къиматалдаса…\n— Огь, баркаман, нигӏматазул цӏакълъи! – ян эбелалъул жаваб рагӏидал, босана дица къалам кодобе, цӏаруе мустахӏикъаб СПоК «Баркаманалъул» хӏакъалъулъ хъвазеян.\nМагӏарулазул аби буго ицц бетӏералдасан тӏокӏкӏунилан. Гьеле гьединав роцӏцӏараб иццул бетӏерлъун Мухӏамадаминовазул хъизамалда вуго эмен Шагьидав. Материал бакӏарулаго, гьесулгун бухьен кквезе бахъулеб хӏаракат бихьун, районалъул росдал магӏишаталъул управлениялда дида абуна Мухӏамадаминов Шагьидав мелиорациялъул, лъалъадиялъул каналал раялъул суалал тӏуралев, пиринчӏ бекьиялда хадуб хъаравуллъиялда вугин ва сундего регӏараб хӏал батуларилан. Цойги абуна гьеб захӏмат бокьулеб, районалъе, хӏатта республикаялъецин пайдаяб хъизан некӏого мустахӏикъаб букӏанин газеталда хъвазеянги. 30 сон бан буго Шагьидас росдал магӏишаталда хӏалтӏулелдаса. Армиялде иналде цевего гьитӏинав гӏолохъанчи тӏамун вуго гьев сахъадерил, «Цӏияб гӏумру» колхозалъул завскладлъун. Гьелдаса хадуб трактористасдаса бахъараб колхозалъул председательлъиялде вахинегӏан захӏматалъулаб нух нахъа тун буго гьес.\n-Шагьидав, бице нигӏматал гьарулеб СПоК рагьизе кин дуда ракӏалде ккараб, кинаб ахӏвал-хӏал бугеб производствоялда, нужго разияб хӏалалда хӏалтӏи цебе билълъунеб бугищ?\n— Колхоз таралдаса хадуб, бокьулеб иш тезе кӏвечӏого, дица хъизан Майсаратил цӏаралда рагьана ООО «Услуга». Нижер фермаялда жакъа къоялде буго 180 чӏегӏерхӏайван, гьездасан 130 бечӏчӏулеб гӏака. Гӏун вачӏана цӏикӏкӏарав вас Мурад, пикру ккана гьесул цӏаралдаги ферма рагьизе. Бана цо сарайги, байбихьана магӏишат цӏигьабизе. Гьале, ООО «Сентӏухалдаги» буго жакъа 120 чӏегӏерхӏайван (80 бечӏчӏулеб гӏака).\nЦебе нижеца рахь бичулаан «Махӏачхъала» гормолзаводалъе, 4-5 соналъги гӏарац кьечӏолъиялъ, балагьана рес Гъизилюрталда нижерго рахь ва рахьдал нигӏматал гьарулеб цех рагьизе. Исана кӏиго сон бала СПоК «Баркаманалъ». Гьарула ва ричула тӏорахь, биараб ва щарил нах, хӏан-нису гӏадал нигӏматал. ГОСТалъ тӏорахьалъул – 45%, щарил нахул – 75% беэнлъи бихьизабун бугониги, гӏадамазда нижерго нигӏматазул тӏагӏам ва качество лъазеян, нижеего зарал-ками кколеб букӏаниги, «Баркаманалъул» тӏорахьалъул буго 56% беэнлъи, щарил нахул – 82-85%. Гьабсагӏат цехалъе босун буго рахь, бетараб рахь шушбухъе тӏолеб оборудование ва цӏарагӏ.\nАраб ункъо моцӏил хӏисаб гьабидал, СПоКалъ гьабун ва бичун буго 18 т нисдал, 9 т тӏорахьалъул, 5 т хӏаналъул. Къойида жаниб нижеца 10-12 тонна рахьдал нигӏматал гьарула.\nРахь босула нижерго кӏиябго фермаялъул гуреб, тӏанусдерил, буцӏулдерил, лъегӏелдерил, шатадерил, херехьдерил, гьерекӏдерил аскӏор ругел магӏишатазулги.\nХӏадурараб продукция бичула гӏатӏиракьалдаго, амма анкьие цо нухалъгӏаги магӏарухъеги битӏула.\n-Бугищ нуж гӏадазе пачалихъалъ гьабулеб кумек, кинал захӏмалъаби дандчӏвалел хӏалтӏулъ?\n— Росдал магӏишаталда хӏалтӏулездехун, нигӏматал гьарулездехун хӏукуматалъул бербалагьи цӏикӏкӏун буго, амма цебеялдаса гьанже хӏалтӏи захӏмат буго. Рахьдал литралъул багьа буго 18 гъурущ, хасало 25-ялдеги бахуна, амма 2-2,5 литр рахьалъухъ щола гӏицӏго цо литр соляркадул, щуго литралъухъ цо тук харил. Риидал рахь бичун щванщинаб хайир уна боцӏуе рагӏи- хералъухъ. Нижер магӏишатазда рецулел ракьалги дагьал гурого гьечӏо. Къурушалдаса босула хер, 300-400 азарго гъурщидегӏаги ккола корма. Гьадин пикру гьабуни, гӏакдада хадуб цӏунизе кӏвараб бече кколеб буго нижер захӏматалъул бацӏцӏадаб хайир. Жакъа къоялда кварталалъе 5 миллионалде рахь ва рахьдал продукция бичани, хӏукуматалъ кьола 10% субсидия. Гьабулеб буго гӏезегӏан кумек, амма цо къоялъ хӏисаб кьей кватӏаницин тӏад лъолел пенябазгун гӏакӏабаз, щибаб жоялда хадуб хъаравуллъи букӏинабулел органазул гӏемерлъиялъ, гьелъул лъикӏлъи якъинго лъазе кӏоларо. Гъоркьисала цохӏо налогазе кьуна нижеца 150 азарго гъурущ. Бокьараб жиндирго иш бугев чиясда жиндирго кверзул щуябго килищ гӏадин лъазе ккола жакъа налогазулаб системаги, бухгалтерияги, юриспруденцияги.\nКъанагӏатаб ишлъун лъугьун буго хӏалтӏухъаби щвейги. Жакъа нижер рахьдал цехалда официалияб къагӏидаялъ хӏалтӏулев вуго 6 чи. Гьезул харжаздаса рукӏине кколел отчислениялги гьарула, налогалги гъоркь ккола. Фермаялда руго 6 доярка, 2 вехь, 2 механизатор, 3 водитель. Жакъа дояркаялъе литр рахьдал бечӏчӏун кьола 5 гъурущ, амма гӏемераб къо бихьула гьеб мухьалда разиял хӏалтӏухъаби щвезецин.\nГӏадамазда гьоркьобго гӏадин, хӏайваназда гьоркьобги гӏемерал батӏиял унтаби руго тӏиритӏун, дару- сабабалъухъги уна гӏезегӏан сурсатал. Дунгоги ветврачлъун вахъанин ккола цо-цо. Рохула ветуправлениялъул хӏалтӏухъан Муртазгӏалиев Мухӏамадица гьабулеб хъулухъалдаса, тӏалаб-агъазалдаса. Районалъул ветеринарияб хъулухъалъул начальник Хъ. Гӏамирхановасул тӏалабчилъиялъул бербалагьиялъул хӏасиллъун рикӏкӏуна дица районалъул ветеринаразул дурусаб хӏалтӏи.\n-Нужер буго хъизамалъулаб бизнес. Кин нужеда кӏвараб лъимал хадур цӏазе, гьанжесел гӏолилазе бокьуларо гурищ къо бихьулеб, захӏматаб хӏалтӏи?\n— (Велъулаго) Байбихьуда букӏунаан гьединаб хабарги. Хасго кӏудияв вас Мурадил жидергун гӏел бащадал тира-сверулел, рахӏаталда ругин, жалин абуни боцӏудаги, регарилел-рецарилелги ругилан. Рес къотӏун, гӏака бечӏчӏизе чи щоларого, боцӏуда тезе чи щоларого бугеб мех, цеве-цеве дунгоги, хадуй хъизанги, рачун лъималгун рахъунаан гьел хӏалтӏаби гьаризе. Гьедин гьелги ругьун гьаруна захӏматалде.\nФинансазулгун экономикияб техникумги лъугӏизабун, цӏикӏкӏарав вас вукӏана бухгалтерлъун хӏалтӏулев. Бакӏида гӏодов чӏараб хӏалтӏи, къалам-кагъат жиндие къабуллъулеб гьечӏин чӏана гьев цинги. Техникаялда хӏалтӏизе бокьилилан. «Бокьилеб батани, бихьинчи, ма бецаризе комбайн, ма пресс. Хӏалтӏуларев — кваналаро», — ян лъазабуна дица гьесда. Заманалдасан гьесул лъикӏав механизатор лъугьана. Жакъа къоялда цадахъаб хӏалтӏул кинабго щвалде щун лъала гьесда, яс Эльмирада. Гьитӏинал жеги цӏалулел руго.\nГьезул щивасул буго бокьараб кваназе-ретӏине рес, метерисеб къоялда ракӏчӏей. Альхӏамдулиллагь. Лъала, дир бетӏер цебеса бегани, гьез гьаб иш хвезе толареблъи.\n-Баркала, Шагьидав, нижгун гара—чӏваризе заман батаралъухъ. Гьарула цебетӏей нужер магӏишаталъе, щулияб сахлъи нужееги гьадинал баркаманал нигӏматаздалъун халкъ хьезабизе.\n— Дуеги баркала нижер захӏматалъул бицине къасд ккаралъухъ."}
{"slug": "8370-turkiyal-a-kumekgi-tiade-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8370-turkiyal-a-kumekgi-tiade-shchvana", "title": "Туркиялъа кумекги тӏаде щвана", "date": "2020-06-01 17:59:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Туркиялъулазгун гьенир ругел нилъер ватӏанцояз дарабаздалъун ва медицинаялъул къайи-цӏаялдалъун гьабураб кумек тӏаде щвана. Ай, 26 маялъул къаси Махӏачхъалаялде щвана гьеб къайидал цӏураб кӏудияб машина.\nГуржиялъулгун РФялъул гӏорхъоде (Северияб Осетиялде) гьелда дандчӏвазе республикаялъул тӏалъиялъ витӏун вукӏана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Гьарун Давыдов.\nКоронавирусалда бан киналго пачалихъаз гӏорхъаби къан ругелъул, Тӏасияб Ларсалдасан лъураб гӏорхъодасан нух щунгутӏиялда хӏинкъи букӏана.\nАмма щибгӏаги квалквалги ккечӏого борчӏанин Турциялдаса машинайин бицана Давыдовас.\nКоронавирусгун къеркьезе Дагъистаналъе кумек хӏажат бугилан интернеталда хабар тӏибитӏун хадуб Северияб Кавказалдаса вакилзабазул 13 гӏуцӏиялъ кагътал хъван руго Турциялъул нухмалъулев Ражап Эрдогъаниде.\n«Гьедин Эрдогъаница улкаялда гӏумру гьабулевщинав чиясде хитӏаб гьабун буго коронавирусалдаса цӏуниялъе гӏарац данде рехизе бугилан», -абун бицана «Хӏакъикъаталъе» Турциялда чӏарав Генуса Шамил Мухӏамадовас. Имам Шамилил цӏаралда гьес гӏуцӏараб ассоциациялъги битӏун букӏана Эрдогъаниде кагъат.\nКӏиго батӏияб улкаялда гьоркьоб гьабулеб тадбирлъидал, кӏиявго президентас (Владимир Путиницагун Ражап Эрдогъаница) данд бан буго Дагъистаналъе квербакъи гьабиялъул суал. Гьединго гьеб суалалда хадуб хал кквезе РФялъул сахлъи цӏуниялъул министр Михаил Мурашкодаги тӏад къан буго.\nГьединго, Турциялдаса къватӏибе бахъаралдаса нахъе нилъее кумекалъе дарабиги цогидаб къайи- цӏаги босун бачӏунеб машина Махӏачхъалаялде щвезегӏан хӏажалъулеб цӏуна-къайги хӏадурлъиги гьабизе тӏад къан букӏана РФялъул МИДалъул ДРялда вугев официалияв вакил Гӏамирхан Мухӏамаддадаевасда. Турциялда бугеб РФялъул официалияб вакиллъиялъги кутакалда хӏаракат бахъанин гьеб суал роцӏинабизеян бицана гьес.\n«Дагъистаналда вирусалъ гӏемер чиясе къварилъи кколеб бугилан интернеталдасан цӏалидал, нижеда ургъел чӏвана. Гьеб мехалда хӏукму ккана кумек гьабизе. Амма республикаялда чӏванкъотӏун кигӏан (кинаб) дару, къайи хӏажат бугебали рихьизарурал баянал рукӏинчӏого, нижее дагьаб захӏмалъана хӏалтӏи гӏуцӏизе. Гьединлъидал лъале-хъвалезде ахӏи бана гьеб рахъалъ нижехъе баянал ритӏеян», — абун бицана «Хӏакъикъаталъе» Турциялда гӏумру гьабулей магӏарулай Асиятица.\nГьелъул рос ккола Дагъистаналъул культураялъулгун лъай кьеялъул обществоялъул вице-президент Яшар Оз.\nГьеб общество машгьураб буго Дагъистаналъул тарихалъулгун культураялъул бицунел тадбирал тӏоритӏиялдалъун.\nПалхӏасил, Турциялдаса бачӏараб гьеб кумек Миллияб политикаялъулгун диниял суалазул рахъалъ министерствоялъ къабулги гьабун, МЧСалъухъегун Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъухъе кьолеб буго.\nТурциялъул «Багӏараб Бащдаб моцӏ» абураб гӏуцӏиялъул директор Ибрагьим Алтанил рагӏабазда рекъон, гьениб рагӏула 2 млн 600 азарго лираялде къайи. Россиялъул гӏарцуде буссинабуни – 27 млн гъурущ ккола гьеб.\nАлтаница баян гьабуна гьениб бугила щуго ИВЛ-аппаратги, хирургиялъул нусазарго маскаги, цӏуна-къаялъе хӏажатаб 20 азарго комбинезонги, 20 азарго очкабиги, цогидабги."}
{"slug": "8371-tiadchagiazul-iman-khalk-al-ul-talikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8371-tiadchagiazul-iman-khalk-al-ul-talikhi", "title": "Тӏадчагӏазул иман- халкъалъул талихӏ", "date": "2020-06-01 18:36:20", "categories": ["history"], "text": "Исанасеб кӏалбиччанкъоялъ цӏунизе ккараб гӏадатияб гуреб низам гӏемерав чияс батӏи—батӏияб къагӏидаялъ загьир гьабуна. Дир хӏисабалда, тӏолабго дунялалда пашманлъи тӏибитӏараб гьаб заманаялъ, рокъоб гӏидалъул къо тӏобитӏи—гьеб магӏу гьабизе ккараб захӏмалъи гуро. Гьеб къоялъ, хӏалтӏул жавабчилъи цӏикӏкӏиналъ, рокъоре раккизе щвечӏелги, рукъго гьечӏелги, рикъзи къанагӏаталги бусурбаби дагьал гьечӏелъул ракьалда. Сабруго хварал магӏаби тӏиритӏизаричӏого, ракӏазе бигьалъи кьолеб каламалъулго кири гӏемер букӏинаан.\nРекӏелъ иман бугони\nАльхӏамдулиллагь, цӏикӏкӏарасеб халкъ гӏакъилазда цадахъ билълъана. Щивас рокъоб байрамалъул тепсиги гӏуцӏун, имамзабазул ахӏиги гӏадахъ босун, берцинго тӏобитӏана гьеб къо магӏарухъги. Узухъда, рукӏана ва руго захӏмалъабиги. Киналго росабалъ гурелъулха ругел халкъалъе хӏажатаб нигӏмат бичулел тукаби. Гӏемерисел гӏадамал райцентралде ине ккола нигӏматазда хадур. Росулъа къватӏиве яги жаниве чи виччалареб мехалъ, киса босилеб хӏажатабщинаб? Гьеб суал масъалаялде сверизе течӏого тӏубазабулеб буго жидерго жамагӏаталъул жавабчилъи тӏаде босулел бегавулзабаз.\nМисалалъе, Шамил районалъул райцентралдаса бищунго рикӏкӏадазул цоял руго къелдерил росаби. Гьезул анлъабго росу жанибе бачуна Ругъелда росдал администрациялъ. Жиндир-чияр росу батӏа бахъичӏого, киса-кибего цокӏалаб тӏалаб чӏезаби, гьеб бегавуласул бичӏчӏиялда бараб букӏинарищха. Хасго гьадинаб къварилъи тӏаде рещтӏараб мех буго гьезул жавабчилъиялъул хӏалбихьулеб заман. Къелдерил росабалъ бугеб ахӏвал- хӏал цӏехолаго, гьадинаб жаваб щвана гьезул жамагӏаталъул рахъалдасан:\n«Тӏад тарав чиясе мукӏурлъула рекӏелъ иман бугев чи, гьес гьезул тӏалаб битӏун къабулги гьабула. Къелдерил анлъабго росулъ жакъа росдал бегавуласги имамзабазги гьабураб хӏукмуялъухъ гӏенеккуларев чиго ватиларо.\nРосабалъа къватӏире-жанире чӏалгӏаде хьвадизе бегьунгутӏи бичӏчӏизабун буго жамагӏатазда. Гьеб хьвади гьукъиялъе хъаравуллъиги лъун буго администрациялъ. Мисалалъе, райцентралде — нахъе эркенго хьвадизе рес гьечӏолъиялда бан, «Инсан» фондалъул филиалалъ ва администрациялъ жамагӏатазе хӏажатал киналгӏаги нигӏматал раччизе хасаб транспорт чӏезабун буго. Кинавго чиясе рес буго къваригӏараб дару-дарманалъулги, кванил нигӏматазулги сияхӏ бахъун, гьелъул жавабчилъи тӏадкъарав хасав чиясухъе кьезе. Анкьида жаниб кӏиго нухалъниги гӏадамазе хӏажатабщинаб бачӏуна росабалъе. Щибаб рукъалъул тӏалаб буго администрациялъул жавабчилъиялда гъоркь. Цогидалъул бицинчӏого, газалъул балоналцин цӏезарун рачӏунел руго росабалъе.\nРагъул заманаялъ гӏадаб низамалда хӏалтӏулел руго жакъа нижер бегавул Гьитӏинамухӏамад Гьитӏинамухӏамадовги гьесул заместитель Гӏалиасхӏаб Мухӏамадовги. Гьезие кӏудияб квербакъи буго имамазабазул, щибаб росулъ рищарал жамгӏиял хӏаракатчагӏазул. Иман камилав чи бегавул вукӏиналъулъги батила кӏудияб баракат бугеб къелдерил халкъалъе..\nПашманлъи рещтӏуна гӏасилъи бихьун\nИсана кӏалбиччанкъо тӏолалго бусурбабазул цого къагӏидаялъ — рокъоб, хъизаналъул горсверулъ ана. Цогидаб мехалъин абуни, щибаб бакӏалда жидерго хаслъигун тӏобитӏула гьеб, тӏолгоязе къиматаб байрам.\nКӏалбиччанкъоялъ росу-ракьалдаса кигӏан рикӏкӏада яшав гьабун ругезги хӏаракат бахъула умумузул хабада дугӏа гьабизе, цӏикӏкӏаразухъе, унтаразухъе, гӏага-божаразухъе щвезе магӏарухъе рачӏине. Нилъеда лъала, гьеб къо гӏагарлъулаго, шагьараздаса мугӏрузде букӏунеб машинабазул чваххи. Хӏикматаб рохелги гӏажаибаб пашманлъиги рещтӏуна бусурбабазул ракӏазулъ гьеб къоялъ. Пашманлъи — хварал ракӏалде щун, гьабичӏого хутӏараб гӏибадаталда ракӏ бухӏун, рохел — рокьулелщинал рихьун, рекӏее къабулаб хӏалалъ садакъа гьабизе щун. Пайда щиб, щибаб лъикӏлъиялде рагӏад рехулеб квешаб рахъги камуларелъул. Нилъер гӏемераз гьеб бихьичӏеб ххвел гьабун тола.\nПашманлъи рохалидаса бергьуна, гьеб хирияб къоялъ кӏи- гьумерчилъи, иманалъул загӏиплъи, къокъго абуни, инсанасул гӏасилъи бихьун. Кӏал биччарабго гьакълиде руссунелги загӏипал гӏадамал камулел гьечӏелъул. Росу бахилаб гӏамалалъул гӏолохъанчи гӏодове къулула, гӏидалъул къо ахиралде щвелелде мехталил риччалъ цӏикӏкӏарав вац вихьун, гьесда аман гьарулей эбелалъул бадиб магӏу бакъваларо, лъадулгун росасул рокьукъаб хабар халат бахъуна. Гьединав инсудаса лъималазе бугеб баракат бахъунеб мисалалъул бицинего ккелищха. Щайгӏаги мун росулъе вачӏарав, лъарагӏлъиялъул эркенлъиялде ругьунлъарав магӏарулав, гьаб хирияб къоялъ Аллагьас кьураб алжанул гӏаркьел гӏадаб гьайбатаб тӏабигӏат чорок гьабизе гӏаракъидул шушбиги цадахъ росун?! Гьеб питнагун мунагь бекьулеб кепалда гӏолохъаби рихьаниги, гьезие вагӏза-насихӏат гьабуларелги росаби руго нилъер. Щал чагӏиха кколел росдал тӏалаб гьабизе тарав бегавул, имам, дибир?! Кир нуж ругел, жамагӏатчагӏи?! Гьал суалазе жаваб щвезе бокьаразе лъикӏаб мисал бихьизабулелги руго бакӏал.\nКъелдерил кӏалбиччанкъоялъул цӏияб гӏадат\nКъелдерил анлъабго росу жаниб парахалъараб ракь Шамил районалдаго бищун тӏабигӏат берцинаблъун рикӏкӏуна. Гьединабго берцинаб гӏамал-хасияталъул халкъги буго гьениб. Гӏадатазул хаслъиялъул ва гьобол хиралъиялъул рахъалъги тӏокӏлъи босараб бакӏ буго гьеб.\nИсана анцӏабилеб сон буго къелдерил жамагӏаталъ бегавуласул иш, гӏелмугун гӏамал рекъарав гӏолохъанчи Гьитӏинамухӏамад Гьитӏинамухӏамадовасда тӏадкъаралдаса. Щибаб росдае хӏажаталъул тӏалабазда къаси-къадлъи гьечӏого векерулев гьесда рекъечӏеблъун, жамагӏаталъул гӏуцӏиялъе заралияблъун бихьана кӏалбиччанкъоялъул къаде нахъе гӏолохъаби тӏабигӏаталде рахъун, бакӏ-бакӏалда гӏуцӏулеб квана-гьекъей. Рекъараблъун бихьана гьесда, анлъабго росдал жамагӏатал данделъулеб къоялъ, административияб центрлъун бугеб Ругъелда росулъ кӏудияб мажлис тӏобитӏизе.\nМурад — жамагӏат гъунки, росабазда гьоркьоб гьуинлъи цӏикӏкӏин, заралияб пишаялдаса гӏолохъаби нахъе цӏай. Бегавуласда цадахъго мажлисалъул жавабчилъи тӏаде босана росабазул имамзабаз, жамагӏатчагӏаз. Санайил, мажлисалде хӏадурлъулаго, росабалъ лъазарула исламалъул кьучӏ щула гьабулел конкурсал. Гьенир гӏахьаллъаразе щола, жидерго какгун кӏал камиллъи гуребги, жамагӏаталъул исламиял хӏажалъаби тӏуразаризе чара гьечӏеб лъайги. Конкурсалда гӏахьаллъаразе ва бищунго лъикӏал хӏасилал рихьизарурал командабазе сайгъатазе мажлис гӏуцӏараз санайилго гӏарцулал сурсаталги чӏезарула.\nТӏоцебе гьеб мажлис тӏобитӏана 2011 соналъул кӏалбиччанкъоялъул къаси. Дагъистаналдаго машгьурал исламиял гӏалимзаби ахӏун рукӏана гьенире. Мажлисалда гӏахьаллъарав, нилъее баракатгун шафагӏат щваяв гӏалим, мунагьал чураяв Бакълъухъа Гӏабдулгъафурил Мухӏаммадица гьабураб вагӏза-насихӏат биун рекӏелъе инчӏев чи нагагьги хутӏун ватила: «..Цо чи живго жиндаго чӏун тӏубалареб, вацлъиги, цолъиги, гьудул-гьалмагълъиги къваригӏунеб жо буго дуниял. Дунялалъул рукъ нилъее лъугьунеб буго ахираталъе бекьулеб хурлъун. Аллагьасдаса хӏинкъун, рекӏелъ бугеб иманалъе гӏоло гьабураб гурони, дунялалъул ишазе гӏоло гьабураб вацлъи, гьудуллъи, данделъи нилъеда ахираталъул рокъоб батулеб гьечӏо. Нилъеца шаригӏаталъе, гӏадамазе лъикӏлъиялъе, гьезул ракӏал цо гьариялъе, динияб гӏамал-тӏабигӏат мисаллъун букӏиналъе гьабураб мажлисалъ азарго цогидаб, ай исламияб гуреб, баракат кьолареб мажлис чурулеб буго. Дуниялалъул рокъоб хайиралъе, кепалъе тӏоритӏулел мажлисазда гӏахьаллъарал ахираталда цоцазе тушбабилъун рукӏунин абун буго, амма гьадинал мажлисазда гӏахьаллъарал ахираталда Аллагьасда аскӏор цоял-цоязе шафагӏаталъеги рукӏунел руго..»\nКӏалбиччанкъо бугониги, къватӏисан хӏурматиял гьалбал гӏемер рачӏуна гьенире санайилго. Ганчӏил ракӏ бугевги чиясулъ иман цӏилъилин ккарал вагӏзабиги, нухго гьечӏеб кьурулъ къосарасе шагьранух рагьулел насихӏаталги рагӏула гьенир данделъаразда.\nКъелдерил хасияталъулъ бищун берцинаблъун бихьула цоял цогидазухъ гӏенекки, дун цӏакъавин лъугьинчӏого, лъикӏаб иш гьабулесда нахърилълъин, цоцае квербакъи. Гьеб загьирлъула ригьналъ, гваязулъ, къварилъи ккаралъуб. Гӏаммаб ишалъулъ гьез лъолеб кӏудияб бутӏа баянго бихьула тартибалда гӏуцӏарал чӏахӏиял тадбиразда. Кӏалбиччанкъоялъ гӏадатлъун билълъараб тадбирги гӏицӏго диналъул бицарал вагӏзабаздалъун къокълъуларо. Байрамалъул программа гӏуцӏун букӏуна культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагӏи, школлъимал, гӏолилазул жамгӏиял гӏуцӏаби, хӏатта ясли- ахазул гьитӏичалгицин гьоркьоре рачун.\nТеатралиял сценкаби, къецал, миллиял музыкалиял алатазда ватӏан бокьиялъул темаялда ахӏулел кучӏдул, гӏахьалчагӏазе рикьулел сайгъатал — кинабго рекъезабун гӏуцӏараб камилаб тадбир. Гьеб буго къелдерил церехъабазул бергьенлъи, жамагӏаталъул бечелъи. Исанасеб байрамалъул ками, кӏвар, кӏодолъи цӏакъго бичӏчӏун батила къелдерида.\nРакӏ унтун гьабураб кинабго ишалда рекӏее рохел кьолеб нур букӏуна. Гьединабго нур бессарал рукӏуна мугӏрул ракьанда ругел гӏисиналго росабазул гӏадамаз гӏумру берцинлъиялъе гӏуцӏулел тадбиралги.\nНилъеда лъачӏониги, ратизе бегьула гьединал хаслъаби цогидал магӏарул росабалъги."}
{"slug": "8375-kinabgo-ish-shkolalde-rekhun-tezegi-begularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8375-kinabgo-ish-shkolalde-rekhun-tezegi-begularo", "title": "Кинабго иш школалде рехун тезеги бегьуларо", "date": "2020-06-01 19:08:31", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал школа бана 1975 соналда. Гьабсагӏаталда гьенив цӏалулев вуго 340-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Школалъул директор, математикаялъул учитель Умалат Хангишиевас бицухъе, школалда руго киналго хӏажатал махщелчагӏи.\nУмалат, РФялъул Лъай кьея- лъул министерствоялъ хӏукму гьабуна учителасул моцӏрол харж кӏиго бутӏаялдаса гӏуцӏизе. Учительзаби рази ругищ харж кьолеб къагӏида хисизабиялдаса?\n— Гъира базабиялъул бутӏаялъул роцен мухӏкан гьабураб мехалда, дагьлъана къваригӏел гьечӏел харбал. Гъира базабиялъул бутӏаялъ кколаан моцӏрол харжалъул фондалъул 15 процент. Гьеб бикьулаан муниципалиялги регионалиялги тадбиразул гӏахьалчагӏи-цӏалдохъаби хӏа- дурарал учительзабазда гьоркьоб. Щолаан гьеб батӏи-батӏиял къецаздагун данделъабазда гӏахьаллъаразеги. Камулароан гӏарац школалъул администрациялъ «берцин бихьухъе» бикьулеб бугин абурал харбалги. Дун рази вуго харж кьолеб къагӏида цӏи гьабиялдаса.\n— Бихьулеб буго школалъул мина басралъун букӏин. Гьеб къачӏазе рес кин батулеб?\n— Гьабсагӏаталда бищунго аслияб масъала буго гордал хиси. Капиталияб ремонталъе проектгун документал хӏадурун рукӏана анлъго соналъ цере. Амма, гӏарац гьечӏолъиялда бан, иш рагӏалдего бахъунеб гьечӏо. Гъоркьисаги кьерцисаги документал хӏадурун рукӏана «150 школа» абураб проекталда гъорлъе ккезе. Гьелъулги хӏасил ккечӏо. Проекталъул тӏалабазда рекъон, нижеца валагьизе ккола 300 азаргониги гъурущ школалъе кьезе разилъулев спонсор. Нижер росулъ гьединав чиги гьечӏо.\n— Тӏоцебесеб классалде рачӏунел лъимал цӏализариялъул масъала кин тӏубалеб бугеб?\n— Темиргъое росулъ гьечӏо лъималазул ах. Цо-цо учительзабаз марталдаго байбихьула гьезулгун хӏалтӏи. Гьел ругьун гьарула классалда гӏодор чӏезе, цоцазе салам кьезе, ручка-къалам кодоб кквезе, рукӏа-рахъине. Щибаб къоялъ цо-кӏиго сагӏаталъ кьола гьезие дарсал. Учителасе гьелъухъ кьолеб жо букӏунаро. Амма учителасда бичӏчӏула сентябралда гьелго цӏалдохъабигун хӏалтӏизе кколеблъи ва ФГОСазда рекъон гьезие дарсал кьезе захӏмалъизе бугеблъи.\n— Рахьдал мацӏазул дарсал кин гӏуцӏун ругел?\n— Нижер школалда кьола магӏарулги лъарагӏги мацӏазул дарсал. Хутӏарал миллатазул вакилзаби дагьал рукӏиналда бан, гьезие гӏурус мацӏалда кьола Дагъистаналъул адабияталъул дарс.\nЦӏиял ФГОСазда рекъон кколел рахьдал мацӏазул цӏалул тӏахьалги чӏорого щвана школалъе.\n— Цӏалдохъабазул эбел-инсуца гӏахьаллъиго гьабулищ школалъ гьабулеб хӏалтӏулъ?\n— Гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара хӏисабалда нижеда тӏадаб буго хӏажат гьечӏел ишаздаса цӏалдохъаби цӏунизе, цӏодорлъи гьабеян гьезда малъизе. Школалде рачӏуна полициялъул хӏалтӏухъабиги, рухӏиял церехъа- биги, наркотиказде данде къеркьолеб комитеталъул вакилзабиги. Гьел дандчӏвала цӏалдохъабигун, тӏоритӏула бахӏсал, тарбия кьея- лъул тадбирал. Гьеб ишалъулъ жигараб гӏахьаллъи букӏине ккола цӏалдохъабазул эбел-инсулги. Амма цо-цоял рачӏуна дарсидеги, гьабула школалъе жидехъа бажарараб кумекги, жигаралда гӏахьаллъула гӏуцӏулел тадбиразулъги. Руго сундего кӏвар кьоларелги."}
{"slug": "8376-baba-dol-ul-rugel-khierenal-kveral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8376-baba-dol-ul-rugel-khierenal-kveral", "title": "Баба, долъул ругел хӏеренал кверал!", "date": "2020-06-01 19:27:24", "categories": ["kultur"], "text": "Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечӏониги, лъимада ратӏа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал.\nГӏадалъ кьабураб тӏилгӏан бакӏлъана Разиятие гьитӏинав Махӏачица, мадугьалихъ йигей Раисатил доваса векерун вачӏунаго, «Баба, Раисатил ругел хӏеренал квералин» абурал рагӏаби.\n— Лъикӏ рагӏула. Квералги чурун, кваназе гӏодов чӏа, — ян абуна гьелъ.\nГьелъухъ гӏинги тӏамичӏого, цӏидасанги байбихьана Махӏачица:\n— Баба, долъулгиха цӏурачадал рукӏарал. Дуцаги долъул гӏадал щай гьаруларел?\nРазиятил гьумер дагь-дагьккун кьерхунеб букӏана, гьелда васас бицунеб жо рагӏулеб букӏинчӏо. Бицунев гьевги тун, гьей Раисатил дое ана ва гьелъие питна гьабуна:\n— Дуда, хьихьун вахъараб мехалда, дихъа Махӏач нахъе вачине ракӏалдейищ ккараб?\nДир вацазул гӏарац букӏинчӏебани, вас некӏого ракьулъ вукӏунаан. Цоги нухалда хӏалбихье гьесда недегьго кӏалъазе, дица дуе гьабизе бугеб жо, — ян хӏинкъабиги кьолаго, кьабизабун рукъалъул нуцӏагун, тӏад юссун ана Разият.\nЩибго бичӏчӏуларого, гьалгъан хутӏана Раисат…\nРазиятги Раисатги рукӏана цоцаздаса ричӏуларел гьудулзаби. Гьелъго батила, гьел къисматалъги гӏагар гьарурал – гьел кколаан дандиялги. Данделъун заман аниги, Разиятилги Юнусилги лъимал рукӏинчӏо. Раисатилги Юсупилги лъабго вас вукӏана. Раисат лъимер гьабизеги йикӏана. Ункъалго рекъон, пикру ккана, кӏиабизе гьабураб лъимер Разиятиеги Юнусиеги кьезе.\nАнлъго моцӏидасан лъана Махӏач унтарав вукӏин. Разиятил вацаз гӏемер гӏарац харж гьабизе ккана цохӏо йигей яцалъул вас сахлъизавизе. Раисатицаги Юсупицаги хӏаракат бахъулеб букӏана Махӏачгун гӏагарлъунгутӏизе. Жидерго васалгун васандизе гьев вачӏараб мехалдаги, Раисат къватӏие унаан. Гьелъул ургьимесалда жанисан цо бакӏ тӏун унаан, ункъачойиланги абун, Махӏач аскӏове вачӏиндал.\nЦо нухалда ахикь расандулел рукӏарал васазул ахӏи- хӏуралъухъе екерун арай Раисатида, гъотӏодасанги далун, гъоркьеги лъугьун бажаруларого, вихьана Махӏач. Жиндаго лъачӏого, бабал дарманиланги ахӏун, Раисатица гъотӏодаса гъоркье вачана гьев.\n— Ункъачо, дур ругел хӏеренал кверал, — анги ахӏун, гьелъул горбода хурхун чӏана Махӏач.\nРаисатие бокьун букӏана гьеб талихӏаб лахӏзат халат бахъине. Амма гьей кантӏана – гьелъ Махӏач жиндасаго вичӏизавуна.\n— Огь! Эбелалъул кверал. Нужер хӏеренлъиги, недегьлъиги, хинлъиги. Нужеца лъимер беэдун толеб куц!\nНусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечӏониги, лъимералда ратӏа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал!\nЭбелалъун хъатиниб бетӏерги лъун, кьижараб лъимадуе букӏунеб рахӏат, гьелда рихьулел гӏажаибал макьаби. Эбелалъ кодобе бачиндал, лъимадул букӏунеб разилъи, гьеб сункьаго, лъикьаго хӏинкъуларо.\nЭбелалъул кверал. Хӏереналги, хъачӏалги, недегьалги, согӏалги…\nГьел квераздасан бачӏунеб хинлъиялъ асир гьавуна гьитӏинав Махӏачги. Разиятиеги гьев рухӏгӏан хирияв вукӏана. Юнусиеги гьесдаса хирияв щивго вукӏинчӏо. Гьесие гӏоло букӏана кинабго гьабулеб.\nРазиятги Юнусги, батӏияб шагьаралда минаги босун, гьенире ра- хъана, Раисатидасаги Юсупидасаги рикӏкӏадегӏан.\nДоб Раисатица хвасар гьавураб къоялдаса нахъе, Махӏачица гӏемер бицунаан Раисатил. Гьесул ракӏ щун букӏана Юсуп дацидеги. Макьилъги гьев веэдулаан ункъачол хӏикматал квераз…"}
{"slug": "8377-bagayalda-rek-arab-k-adru-bukiine-giolo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8377-bagayalda-rek-arab-k-adru-bukiine-giolo", "title": "Багьаялда рекъараб къадру букӏине гӏоло…", "date": "2020-06-02 06:47:38", "categories": ["pismo"], "text": "1988 соналъ бахъизе байбихьун букӏана «Аргументы и факты» абураб газета. Байбихьудасаго цӏар ана гьелъул. Доб заманалда «АиФ» рикӏкӏунаан лъикӏаб газеталъун. Гьединлъидал нижеца, студентазги, гьеб гъираялда цӏалулаан. Дун абуни «Аргументы и факты» газета цониги гьоркьоса биччачӏев ва политикияб рахъалъ гьелъул битӏахъегояб кумекалдалъун гӏуцӏарав чи ккола. Унгоги хӏасилги къокъго кьолел, кьучӏаб баянги щолел макъалаби рукӏунаан гьелда. Гьанже интернеталде гъорлъе ккедал, дица тана «АиФ» цӏали ва жибго гьебги гӏемерисеб рекламаялъ ккун буго ва цебе гӏадин лъикӏ лъугьунеб гьечӏо.\nСундуе гьаб цеберагӏи гьаниб букӏараб? Чанго соналъ цеве магӏарухъе щведал, Лъаратӏа районалъул Кӏособ росдал годекӏанив дида ватана «къвал цӏурал» газеталги аскӏор лъун гьел цӏалулев чи. Гьев вуго гӏумруялъ газетал цӏаларав, гьанжеги гьездехун рокьиги свинчӏев херав чи, росдал школалъул мугӏалим. Цогидал газетазда цадахъ («Черновик», «Новое дело», «Молодёжь Дагестана») гьесухъ бугоан «Хӏакъикъат» газетаги. Дица гьесда гьикъана: «Хӏакъикъат» газетаги цӏаланищха дуца?» — ян. Гьес дие жаваб гьабуна, жинца «Хӏакъикъат» гӏемериселъ гьадинго бегун толила, гьенир жинда дагьал гурони цӏализе гӏадинал ва ракӏалда хутӏулел жал ратуларилан.\nКигӏанго бокьичӏониги, гьев херасул пикруялда тӏад рекъечӏого гӏоларо. Гьединаб букӏана ахираб заманалда аваразул басма, гьелъул иш букӏана багьа бахун къадру гӏодобе ккун. Гьелъ кутакалда дагьлъана цӏалдолелги, «Хӏакъикъат» хъвалелги, гьабулеб букӏинчӏо гьелъул къиматги.\nЦоги рехсон тела гьелъие нугӏлъиялъе мисал. Махӏачхъа- лаялъул вокзалалда гӏагарда, (В. Эмировасул къватӏ батилин ккола) буго гӏемерал цадахъ, учузго (оптом) газетал ричулеб бакӏ. Къотӏноб букӏуна гьениб гьабулеб даранги. Цо пуланаб къоялъ, циндаго цӏадги бан, газетал жанире росун ругоан гьенир. Гьенире ричизе кьурал «Хӏакъикъат» газетал абуни, къватӏирго тун ругоан? Гьебги квеш букӏун, жанивеги лъугьун, къватӏиб пачка газетазул хутӏун бугилан абидал, вичарухъанас жаваб гьабуна: «Гьелъул кӏвар гьечӏо, бокьун батани мунго босун а», — йилан.\nГьедин букӏана ва гьеб лъиениги балъголъилъун кколаро. Цохӏо багьа тӏаде бахиналда ва цӏалдолел дагьлъиялда банги гуро «Хӏакъикъаталъул» къадру хвараб ва гьеб хъвалелги бокьулелги дагьлъарал. Газет-журналазул тираж битӏахъего бараб буго гьезул хӏажалъиялда. Газетаз информациял кьолеб, гьезие гӏоло газета босулеб заман цебего ана. Гьединаб хӏажалъи жакъа гӏадамазул гьечӏо. Информациял кьолел каналал ва информациялъулал алатал гӏемерал руго ва газетаздаса гьел, кӏочон тезе заман щведал гурони, цӏалулелги гьечӏо.\nГьединлъидал газетазда рукӏине ккола анализ гьабурал, хӏасилал рихьизарурал, цӏалдолезул мурадазде рекъон кколеб рекӏелгъеялъулал ялъуни культуриябгун маданияталъулаб гӏумру бихьизабулел макъалаби. Гьединаб, киназего пайдаяб ва мухӏканал баянал кьураб буго исана къватӏибе бачӏараб лъабабилеб номералда Пайзула Пайзулаевасул «Дагъистан республикалъун лъазабуралдаса 100 сон» абураб макъала. Щаклъи гьечӏо гьеб цӏалдолезе къабуллъун букӏиналда. Дицаги гьеб хӏисабалда цӏалана. Дунгоги тарихалъул лъай щварав чи вукӏаниги, гьелдаса дие щвана цӏияб баян. Мисалалъе, лъана Гъизляралъул ракьал Дагъистаналде гьоркьоре жеги 1922 соналъго рачун рукӏараллъи. Дида кколаан гьелги араб гӏасруялъул бащалъиялда журазарунин Дагъистаналдеян.\nБожула тӏадехун рехсарав херав цӏалдолесги ва гӏемерал цогидазги гьеб макъала гьоркьоб биччангутӏиялда. Цӏакъго лъикӏ букӏинаан гьениб картаги темаялда рекъараб, тӏаде журарал ракьал кьераздалъун рихьизарураб букӏарабани. Гьеб мехалда берзулаб ва тексталъулаб информация цадахъ щвелаан цӏалдолезухъе.\nДица абула хъвалеб макъала букӏине кколин кӏиго даража бугеб: гъираялда цӏалулеб ва цӏияб жо жиндаса лъалеб. Кӏиябго гьеб цадахъ гьечӏого букӏине бегьула, амма цоябниги гьечӏони, макъала цӏалуларо ва цӏалун ракӏалда хутӏуларо.\nГьанже аваразул басма тӏубанго цӏилъулебги хисулебги буго ва гьелъ разиги гьаризе руго нилъ. Баккана, цебегоялдаса камун букӏараб, «Бахьикъос». Гьелъул цӏалдолез цӏидасан газета балагьизе ва хъвазе букӏиналдаги щаклъиларо. Лъикӏаб хӏалтӏи буго бацӏцӏадаб авар мацӏалдаса сверарал хъвай-хъвагӏаязда ва гьединго жидералго мацӏазда гьурмал гьариги. Гьезие батӏаго гӏорхъичӏвайги букӏине ккелареб батила, цӏакъго гӏемерлъулел гьечӏони. Гӏадамазул гъира букӏина жидерго мацӏалда жидерго гӏумруялъул ва гӏадамазул бицинеги цӏализеги. Щаклъи гьечӏо гьединал гьурмал гӏуцӏиялъулъ гӏадамаз гъираялда гӏахьаллъи гьабизе букӏиналда. Лъикӏаб иш буго редакциялда собкоразул штатал мурадалда рекъон хӏалтӏизариги. Бакӏаздаса гӏумру бихьизабиялъе гьел бакӏазул хӏалги гӏадамалги лъалел хӏалтӏухъаби хӏажалъула. Гьедин хъварал макъалаби гӏемерго мухӏканал ва камилал лъугьуна.\n«АиФ» газеталъул биценалдалъун гьаб байбихьиялъул мурад букӏана, лъикӏаб газеталъул къадру гӏодобе кколареблъи ва багьаялда бараб жоги гьениб гӏемераб букӏунареблъи бихьизаби. Реклама гӏемерлъун, магӏна дагьлъун лъугьиндал, миллионал гӏадамаз хъвалебги цӏалулебги букӏараб «АиФ» гьанже киосказда босунгутӏиялде ккана. Гьелдаго релълъун, къватӏазда бичиялде ва хӏалица хъвазабиялде ккун букӏараб «Хӏакъикъат» цӏилъизабиялде тӏаделъаразе дица гьарула тавпикъги къуватги."}
{"slug": "8393-zhanib-raki-betsitsiuleb-bugonigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8393-zhanib-raki-betsitsiuleb-bugonigi", "title": "Жаниб ракӏ бецӏцӏулеб бугониги…", "date": "2020-06-03 04:56:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "Избербашалдаса Ризван (цӏарал хисизарун руго) лъади Дианагун ва кӏиго лъимергун Сириялде ана 2015 соналда. Лъабабилеб лъимер гьезие гьабуна доба.\nЛъимал Сириялде араблъи Ризванил эбелалда нусалъул гӏагарлъиялдаса лъан буго.\nГьелъулгун ккараб гара—чӏвари кьолеб буго гъоркьехун.\n— Дун цӏакъ къварилъана гьеб хабар лъайдал. Цинги гӏагарлъиялъ гӏодое йиччазаюна кватӏичӏого гьел нахъруссун рачӏунинги абун. Рачӏинеги рачӏана чанго къоялдасан.\nЦогидаб улка бихьизе анищгун гьабураб сапар букӏанин жидеца гьебин бицана лъималаз. Хӏалтӏиги балагьун, гьенир чӏезеги бокьун букӏанила жидее.\nКутакалда чӏагояб, тӏаде босараб иш рагӏалде бахъинабичӏого толареб гӏамалалъул вас вукӏана гьев. Гьединлъидал гьесухъа бажарилаан доба гӏумру гьабунги. Амма букӏаниги, дица ахӏи-хӏур бахъинабуна, тӏокӏалъ гьенибе хӏетӏе чӏезе гьечӏин лъазабуна.\nРизваница чӏужу ячана 22 сон байдал. Жиндиего йокьун ячана гьес гьей. Ниж разиги рукӏинчӏо, щайгурелъул нижер хъизамазул дандеккунгутӏи букӏана. Араб-хвараб жоги кӏочон тун, чӏезе ккана.\nДиана цӏакъ модаялда рекъон ретӏа-къалей яс йикӏана. Керен- бетӏер цебе лъураб ретӏелги гьурщун расги букӏунаан кидаго. Амма Ризвание ячӏун заман иналде, хӏижабги чӏвана, гьесие бокьулеб бугинги абун.\nНижеда аскӏор рукӏана гӏумру гьабунги. Даран-базар гьабулаан, кверда махщелги букӏана: канализация, лъим, газ бачунаан жинцаго, минабазул къватӏиса къадал къачӏалаан цӏакъ берцинго. Кучӏдулги гьарулаан, сураталги рахъулаан.\nЖиндие шагьаралъул мэрасул сверухълъиялдаса чагӏаз нухал къалел ругин рази гьечӏогоги вукӏунаан. Киналдаго тӏад кверги лъун цохӏо гьелищдила рукӏине кколел, цогидал кваназе кколарищилан кӏалъалаан. Амма администрациялда гӏезегӏан гьудулзабиги рукӏана гьесул. Полициялдаги рукӏана.\nСпортги бокьулаан гьесие. Батӏи- батӏиял хӏаязда цересел бакӏалги росулаан. Гьединлъидал кӏудияв васасдасаги божилъи дир гьесдехун букӏунаан. Киве кканиги, гӏадада хвеларин кколаан.\nЦо заманалда тун мегежгун чӏана гьев. 60 сон байдал таниги гӏелин абулаан дица, къокъниги гьабеян семулаан.\nТурциялде иналде мажгиталдецин хьвадулев вукӏинчӏо гьев.\nМегеж таниги, лъиданиги ракӏалде щолев вукӏинчӏо. Участковыясги цӏехечӏо гьев цониги нухалда. Гьев нижехъе вачӏана вас кӏиабизеги дове индал.\nДица Ризванида абуна мун кивениги инчӏого вукӏине, дица кьелин дуе гӏарацги, босилин мина базе ракьги.\nБосана гьебги. Мина базеянги лъугьун вукӏана гьев.\nАмма рехун кинабгоги тун, ана цӏидасанги Сириялде.\n… Дида жеги бичӏчӏулеб гьечӏо лъица махсарадеги ккун гьел доре аралали. Гьесул гӏумру гьаб шагьаралда ана. Цо чанго нухалда гурони къецазде Москваялдегун Санкт- Петербургалдеги ун вукӏинчӏо гьев.\nРизван, хъизангун цадахъ, цин Турциялде, хадув Гӏиракъалде, гьенисанги Сириялде ун вуго.\nЩай, дир вас, дуе гьеб букӏарабилан гьикъана тату хварай дица гьесда телефоналдасан. Нилъер диналъул яцал-вацал чӏвалел ругин гьанирин жаваб кьуна дос.\nВаллагь, кинабгӏаги исламги гьечӏинха гьениб, нартие гӏоло гьабулеб чорокаб политика гурониян абуна дица. Гьанже гьедин мекъи ккун вугелъул мун, рагъдениги вахъинчӏого чӏайин гьарана.\n…Ризван гьечӏилан кӏалъана цо къоялъ нус.\nГьелъ бицухъе, Ризван хъизаналда аскӏов вукӏун гьечӏо.\nГьел (боевикал – авт.) унел рукӏун руго хъизамалги жалго тун. Гӏиракъалъулгун гӏорхъода ругел нартил вышкаби цӏунулел рукӏун руго гьез.\nЦо къоялъ Ризван лъукъун вуго. Чачанас нахъе вехъерхъулев вукӏун вуго. Жив хвезе теян ахӏдон вуго Ризван.\n…Нусалъе бокьун буго лъималги рачун рокъое ячӏине. Амма гьей нахъе йиччай щакаб жо буго. Лъимал рачӏинеги бегьула. Гьединлъидал дица къайимлъиялъул документал хӏадурун руго. Диана разилъун йиго гьел гьанире ритӏизе.\nРизванилгун Дианал РФялъул паспорталги лъималазул киналго документалги рокъор руго. Загранпаспорталги гьарун ун руго гьел къватӏире.\n-Гӏорхъодасан киндай гьел риччарал документалги гьечӏого?\n— Гьеле гьеб жоха диеги лъазе бокьун бугеб. Цо чи вукӏун ватила гьеб кинабго тӏаде босарав, гьел дорехун ритӏизе къваригӏарав. Гьединал чагӏи рукӏанин рагӏана дида. Чанги сахал гӏолохъаби ана доре.\nНижер васги гӏадал гьавурав гӏадин вукӏана гьанив вугеб мехалда. Амма дове щведал бичӏчӏун буго гьесда живго ккараб бакӏ. Амма нахъвуссун вачӏине ресги гьечӏого, чара къосун вукӏана дов. Нахъе ани, хъизамго чӏвалиланищ гьезда лъазабулеб букӏарабали.\nХвелалде цебе Ризваница нижехъе кагъат битӏун бачӏун букӏана, къо-лъикӏ гьабулеб гӏадин хъвалеб букӏана гьес диеги росасеги баркалаги кьун, жив чӏухӏулила нуж жиндир эбел-эмен рукӏиналдаса.\nАмма кигӏан ракӏбакъван йигониги, цо-цо мехалда кутакалда ццим бахъинеги бачӏуна дир гьесда, гьаб балагьалда нижги тун, гьабун тараб гӏантаб жо бихьуларищха гьес.\nДове иналде цебе дица чанцӏулго гьикъана гьесда щай уневилан. Ине кколин жаваб кьун гурони, тӏокӏаб щибго бицинчӏо гьес. Амма гьанив щивго вукӏинчӏо гьесие квалквал гьабулев чи.\nВукӏинчӏониги, гьев дове иналъе гӏайибиял ралагьулей йиго дун гьанже. Цин росасде ягъула, цинги досул гьудулзабазде тӏаделъула, нужгӏаги кире ралагьун рукӏаралинги абун.\n-Цощина чӏаго вугодай нужер вас?\n— Ватиларо. Чӏаго вукӏаравани, хъизамги рехун тун, вахчарилароан гьев.\n-Гьедин ккаралдаса гӏадамазул бербалагьи хисанищ дудехун?\n— Хисанин кколаро. Гӏицӏго ракӏгурхӏи букӏунеб батила. Амма ракӏ бецӏцӏулеб бугониги, дица дирго загӏиплъи лъиданиги бихьизабуларо. Гьале, сон-церекъад гӏагарав васасул берталъецин ана, расги лъугьинчӏеб гӏадин.\nДица къо хӏехьезе ккола. Гьаб рукъалъул иш дида тӏад буго. Щиб лъалеб, кватӏичӏого Ризванил лъималги рачӏине бегьула. Щиб гьабилеб? Аллагьас гьадин хъван букӏун буго."}
{"slug": "8395-kidanigi-kkolaroan-vasas-die-gersal-ritsinilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8395-kidanigi-kkolaroan-vasas-die-gersal-ritsinilan", "title": "«Киданиги кколароан васас дие гьерсал рицинилан»", "date": "2020-06-03 06:35:01", "categories": ["obshestvo"], "text": "Красноармейскиялдаса 23 сон барав Мухӏамад (цӏар хисизабун буго), гьудулзабигун цадахъ, Сириялде ана. Гьев вукӏана эбелалъул цохӏо вугев вас.\nГьесул эбелалъулгун ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.\n– Дун киданиги божуларо гӏарцухъ гӏадамал чӏвазе анин дир вас дове- йин абулеб жоялда. Гьев лъица ватаниги махсараде ккун вуго.\nГьесие кутакалда бокьун букӏана цӏализе лъугьине. Масала, Сириялде иналде кӏиго соналъ цебе Египеталде цӏализе ине бокьилаанин вукӏана гьев. Амма дун данде чӏана.\nМухӏамадица гьитӏинаб мехалдаго байбихьана Къуръан цӏализе. Цинги гьоркьоб къотӏун букӏана гьесухъа гьеб. Гьединлъидал, байбихьараб жо лъугӏизабизе кколилан, дицаго ракӏалде щвезабуна гьесда.\nДицагоги цӏалана Къуръан. Гьабсагӏат дида бокьарав чиясе жаваб кьезе кӏола диналъул рахъалъ. Дун таризайизеги чангияз хӏал бихьана. Гьединал чагӏазда дандчӏван ватилаха гьевги.\n…Палхӏасил, гьел ун ратана 2015 соналъул 24 июналда. Жал кватӏичӏого нахъ руссиниланги абун батана. Нахъ руссине ракӏалда букӏунги батула. Жиндиего йокьун гьарарай ясги йикӏиндал гьесул.\nВасас дида абуна жив магӏарухъе зигараялъ унев вугилан. Гьеб мехалда гӏорхъи бахун къватӏиве унев ватилин лъидаха ккелеб букӏараб? Загранпаспортцин букӏинчӏелъул гьесул. Амма битӏун 20 июналда щун букӏун буго гьесие гьеб.\nГӏорхъи бахиндал, бичӏчӏун бугоха гьезда жалго къорикье ккараблъи. Амма нижеда, рокъосезда, лъазе толеб букӏинчӏо. Жал цӏалдолел ругин гьанир, кватӏичӏого нахъ руссинилан абулаан щибаб нухалда.\n– Дуда кин лъараб гьудулзабигун цадахъ вас къватӏив вугеблъи?\n– Доре щун чанго къоялдасан гьел жалго кӏалъана.\nАхирисеб нухалда 2015 соналъул 11 ноябралда аудио битӏун бачӏана гьес.\nДида ккола, гьединал васазул гӏакълу хисизабулин психологияб тӏадецуйги гьабунилан.\nДун гьанже зама-заманалдасан уна школазде лъималазе экстремизм какун хабар бицине. Нилъеца гьединаб хабар моцӏида жаниб цоцӏул бицунеб батани, экстремистаз гьеб хӏалтӏи щибаб къойил, щибаб минуталъ гьабулеб буго.\n– Гьесул хьвада-чӏвадиялъухъ балагьун, Сириялде инехъин вукӏин бичӏчӏулеб букӏанищ?\n– Киса букӏунеб?! Гьеб бихьизе толарелъул гьединал чагӏаз. Дове ине анкь хутӏараб мехалдацин устарасухъе инилан чӏун вукӏана гьев.\nУйилан ккун, кутакалда йоххун дунги йикӏана.\n…Васас дие киданиги гьерсал рицунароан. Гьединлъидал, дида киданиги кколароан гьес гьединаб жо гьабилилан.\nГӏарацги кьун руссинарулин гьелилан абулаха. Амма дида лъала гьесухъ гӏарац букӏинчӏолъи. Хьитал гьарулеб бакӏалда хӏалтӏулев вукӏана. Цинги кӏиго моцӏица хӏалтӏичӏо гьев, лъикӏаб харж кьолеб гьечӏилан. Цогидаб бакӏалде гӏарзаги кьун, чӏун вукӏана, гьез хӏалтӏизе вачӏаян ахӏизегӏан.\nАмма хадуб лъана гьес планшетги телефонги бичун, 20 азарго гъурущ данде гьабун букӏин. Гьелъухъ жиндиего билетги босун буго.\nГьеб къоялъ дун хӏалтӏуда йикӏа- на. Рокъой йикӏана яц. Гьелъ бицана Мухӏамад рокъовеги вачӏун, жаниб ретӏел лъураб чӏегӏераб къвачӏаги босун анилан. Гьудуласул эмен хун, магӏарухъе зигараялъ унев вугиланги абунила.\nГьелдаса хадуб дица ахӏана васасухъе. Инчӏо ахӏун. Цинги ккана магӏарухъ бухьен лъикӏаб батиларилан. Гьедин ана чанго къо.\nКъватӏисеб улкаялде гьев уневилан ккезего ккечӏо.\nГьев дове иналде анкьалъ цее дир яцгӏал авариялде ккун, дун гьелда аскӏой больницаялда йикӏана. Гьеб мехалда тӏаса квер босун тун вукӏана гьев.\n– Гьеб мехалда вусса-сверизавун ватилиланищ дуда кколев?\n– Гуро. Гьелде щвелалдего гьавун вукӏараб къагӏида.\nХадуб дида лъана, гьудулзабиги цере ун, дир вас гьезда хадув аравлъи. Инадай–инародайин щакдарулевги вукӏун ватила гьев. Лъаларо.\n– Гьел цоязул къисмат кин ккараб?\n– Цояв чӏвана. Цогидав кив вугевали лъаларо."}
{"slug": "8399-nil-kinalgo-rugo-bat-i-bat-iyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8399-nil-kinalgo-rugo-bat-i-bat-iyal", "title": "Нилъ киналго руго -батӏи-батӏиял", "date": "2020-06-03 08:20:47", "categories": ["med"], "text": "Нилъ киналго руго -батӏи-батӏиял ва хасго гьел батӏалъабаз буго нилъее цоцада ричӏчӏизе квалквал гьабулебги. Ва амма, нилъер цогосеб кӏудияб, киназего гӏаммаб рокъор нилъ киналго цоцае ккола мадугьалзаби. Нилъер рокъобе балагь-къварилъи бачӏиндал, гьеб киназдаго хъвала Жакъа дица къватӏибе биччалеб буго цӏияб кечӏ «Рачӏа лъутизе» абураб. Гьаракь хъвалеб @universalmusicru абураб дир идараялъ, гьеб кочӏохъ дие цебеккун кьуна мухь, бащадаб миллион къадаралъул бутӏа. Дица гьеб гӏарац буссинабуна тохтурзабазе кумек гьабулеб @vblagodarnost абулеб идараялде. Гьез кумек гьабула цӏакъго цӏикӏкӏун короновирусалъ тӏадецуй гьабураб, нилъер миллатал гӏемераб пачалихъалул Дагъистаналъе. Больницабазде тохтурзаби цӏуниялъе гьез ритӏана гьал хадур рехсарал алатал.\nКумекалъул къадар:\n1. ГБУ РД Лаказул ЦРБ — берал цӏуниялъе цӏороберал.\n2. РКБ гӏаммаб реанимация — хасаб партал, гьурмада ралел пардавал, цӏороберал.\n3. Сергохъалаялъул ЦРБ — партал, гьурмада ралел пардавал, гьурмада ххолел цӏорол экранал.\n4. Чӏарада район — партал, цӏороберал, гьурмада ралел пардавал.\n5. Агулазул ЦРБ — цӏороберал, гьурмада ралел чума унтуда данде ретӏунеб партал, пардавал FFP3, хӏатӏазда ретӏунел рорхатал хӏетӏеххелал.\n6. Ахтыялъул ЦРБ — гьурмада ралел пардавал, квердаххелал.\n7. ГБУ ДРКБ — гьурмада ралел пардавал, гьурмазда ххолел цӏорол экранал, квердаххелал.\n8. Гъизляр мухъалъул районалъул больница — партал, цӏороберал, квердаххелал, гьурмада ралел пардавал.\n9. ГБУ РД РКБ 2 — партал, гьурмада ралел пардавал, цӏороберал, квердаххелал.\n10. ФКУЗ МСЧ МВД — хасаб цӏуниялъе алатал.\n11. ГБУ РД РКБ — партал, цӏороберал, гьурмада ралел пардавал.\n12. Гъаякенталъул больница — цӏороберал, партал, гьурмада ралел пардавал.\nРекъел нужер рокъоб ва сахлъи нужер гӏага- божаразе. Гӏорхъи гьечӏеб баркала жидерго ургъелги рехун тун, чияр гӏумру хвасар гьабизе тӏаде босаразе ва тӏаде бачӏараб балагьалде данде ахӏуд рахъаразе."}
{"slug": "8481-tokhturzabazegi-k-varigiuna-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8481-tokhturzabazegi-k-varigiuna-kumek", "title": "Тохтурзабазеги къваригӏуна кумек", "date": "2020-06-07 10:16:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана июлалда байбихьизе буго коронавирусалъ унтарал гӏадамазул сахлъи цӏунизе къеркьарал тохтурзабазе психологияб кумек гьабизе. Гьелъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановасулгун гьабураб гара-чӏвариялда бицана «Журавли» абураб Гӏелмиябгун сахлъи цӏуниялъул комплексалъул (НОК) генералияв директор, М.В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул (МГУ) профессор, Гъуниб районалъул Шангъодаса Мухӏамад Хӏабибовас.\n— Мухӏамад, дуца загьир гьабуна нужер сахлъи цӏуниялъул комплексалда тохтурзабазе кумек гӏуцӏизе бугин абураб пикру. Щай дуда гьеб ракӏалде ккараб?\n— Кӏиго моцӏгӏан заманалъ ниж хӏадурлъулел руго тохтурзабазул реабилитациялъе. Улкаялъул машгьурал тохтурзабазухъе цо чанго анкьалъ цебе ругьел битӏана, дора хӏалтӏарал тохтурзабиги рачун, Каспиялъул рагӏалда бугеб нижер комплексалда хӏухьбахъизе рачӏаян. Нилъеда лъала: цӏияб унтиялъул хасият жеги лъалелдего, тохтурзаби хӏалтӏана, свакги кӏочон, кӏвахӏги тун, жидер сахлъи цӏуниялъул санги гьабичӏого, хӏатта гӏумруялъе хӏинкъи букӏинги лъалаго. Гьеб унтиялъ камиял ккезаруна щивасул хъизамалда, коллективалда. Нижедасаги ятӏалъана гӏагарай гӏадан Патӏимат Асхӏабова — Махӏачхъалаялъул больницаялъул «багӏараб зонаялда» хӏалтӏулаго, унтизеги унтун, 52 сонил ригьалда.\nЖалгоги унтилин ва рокъосездеги жидеца унти бачӏиналъул хӏинкъи цӏикӏкӏараб, ай тӏасан борчӏараб захӏматаб ахӏвал- хӏалалда хӏалтӏарал тохтурзабазул психикаялде букӏана аслияб тӏадецуй. Бигьаяб жо гуро щибаб къойил — цоцин гурев, цадахъго чанго унтарав холевлъи бихьизе — гьединаб хӏужаялъ бакӏаб асар гьабула ракӏалъе. Гьелъги унти ккезабуна гӏемерисел тохтурзабазулъ. Гьединлъидал гьезие чара гьечӏого хӏажат буго реабилитация. Кин гьеб кумек гӏуцӏилеб? Гьеб масъала нижеца дандбана Россиялъул гӏелмиялги медицинаялъулги центразул хӏалтӏухъабигун ва хӏадурана реабилитациялъул цадахъаб программа. Ракӏалде ккола, Каспиялъул рагӏалда эхетараб, санагӏатал шартӏалги ругеб комплексалда тохтурзабазул сахлъи тӏадбуссинабиялъе цӏикӏкӏараб пайда букӏинин абун. Нижеца разиго къабул гьарила тӏолабго улкаялдаса тохтурзабиги медицинаялъул цогидал хӏалтӏухъабиги.\n— Дагъистаналдаса гуребги, тӏолабго Россиялдаса тохтурзаби рачӏине ратила комплексалде. Чан чиясе бакӏ бугеб гьениб? Кигӏан заманалъ гьел рукӏине рес бугеб комплексалда?\n— Тохтурзаби къабул гьаризе руго тӏоцебесеб июлалдаса сентябралде щвезегӏан. Цадахъго 60 чи вачӏине рес буго. Гьез комплексалда базе бегьула 7-10 къо. Нижеца гьабураб хӏисабалда рекъон, кӏиго моцӏида жаниб щунусгониги тохтурасе кумек щвела. Бокьилаан, реабилитациялъул болжал цӏикӏкӏинабизе, амма гьеб гӏицӏго нижеда бараб иш гуро. Гӏарцул рес рекъани, бокьун буго реабилитациялъул программа лъабго соналъ гӏумруялде бахъинабизе.\n— Цо нухалда дие рес щвана нужер богорокъов кваназе. Гьеб букӏана 27 улкаялдаса гӏахьалчагӏи данделъараб Тӏолгодунялалъул конгресс тӏобитӏулеб мех. Реабилитациялда ругел тохтурзабазе чӏобого кьезе бугищ гьениса квен, яги гьез жидерго гӏарцухъищ босизе кколеб гьеб? Спонсоразул кумек щвезе бугищ нужее яги кинабго «Журавлиялъул» сурсатазухъищ букӏине бугеб?\n— Кинабго — квенги, реабилитацияги, рукъзабахъ рукӏинги — тӏаде босулеб буго «Журавли» абураб НОКалъ. Спонсорал гьабсагӏаталда гьечӏо — хьул буго гьел рукӏиналде. Спонсорал щвечӏониги, кинабго гӏуцӏизе буго тӏадегӏанаб даражаялда — гьелда щаклъизецин бегьуларо. Реабилитациялъул аслияб бутӏа ккола кванил режим гӏуцӏи. «Журавли» НОК Питаниялъул централъги нилъергун къватӏисел улкабазул нутрицологазулгун ва диетологалгун дандги бан, гӏуцӏун буго кванил къагӏида, тартиб. Гьабсагӏаталда нижер бухьен буго 27 улкаялъул махщелчагӏазулгун. Нижер руго тӏадегӏанаб классалъул бажари бугел богогьабиги технологалги. Квенги буго татуяб, тӏагӏамаб ва чорхое зарал гьабулареб.\n— Тӏоцебесеб июналдаго бегьулароанищ реабилитация байбихьизе?\n— Тохтурзаби жеги эркенлъун ратуларо, карантин жеги лъугӏун гьечӏелъулха.\n— Бицунеб буго «Журавлиялда» Ракӏалдещвеялъулгун реццалъул парк балеб бугин абун. Гӏадамал хвасар гьарулаго хварал тохтурзабазе балеб памятникищ гьеб? Яги Кӏудияб Бергьенлъиялъул 75-сонилаб байрамалъул хӏурматалдайищ балеб бугеб?\n— Улкаялъул президент Владимир Путиница 2020 сон лъазабуна Ракӏалдещвеялъулги реццалъулги лъагӏеллъун. Гьединлъидал нижецаги паркалъе лъуна гьебго статус. Гьениб букӏине буго «Матерям журавлей мира» абураб «кечӏ ахӏулеб» фонтан, Дунялалъул кӏиабилеб рагъда хварал лъималазе памятник. Хӏадурулеб буго коронавирусалъ унтарал гӏадамал хвасар гьарулаго хварал тохтурзабазе мемориалги. Парк рагьизе буго лъагӏалил ахиралде.\n— Нужер НОКалда гӏемер рукӏуна халкъазда гьоркьосел гӏелмиял дандеруссинал. Коронавирусалъул темаялда гьединаб данделъи гӏуцӏизе ракӏалда бугищ?\n— Бокьун буго тӏасияб соналда COVID-алъул бицунеб гӏелмияб конференция тӏобитӏизе. Гьелда бан гьабун буго хасаб хитӏабги. Ракӏалда букӏана 2020 соналъул 2-5 сентябралда «Биомехатронные системы» абураб темаялда Тӏолгороссиялъул конференция тӏобитӏизеги — гьелда гӏахьаллъизехъин рукӏана къватӏисел улкабаздаса гӏалимзабиги. Коронавирусалъул инфекция тӏибитӏиялда бан, 2021 соналде бахъизе ккана гьеб. Гьеб ишалъулъ нижее квербакъулеб буго МГУялъул Искусственнияб интеллекталъул институталъги механикаялъулгун математикаялъул факультеталъул гӏелмияб къокъаялъги.\n— Дида рагӏана, коронавирусалъул унтиги пневмонияги бугев 250 чи къабул гьавизе рес бугилан абун нужеца март моцӏалдаго ДРялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабунилан…\n— Гӏажаиблъизе ккараб жо гуро гьеб. Нилъеда бихьулеб букӏана дунялалдаго коронавирус хехго тӏибитӏулеб бугеблъи. Батӏи-батӏиял улкабазда гӏемерлъулеб букӏана унтаразулги хваразулги къадар. Больницабазда гӏолел рукӏинчӏо унтарал регизаризе бакӏал. Бичӏчӏулеб букӏана Дагъистаналдаги унти хъинтӏичӏого хутӏулареблъи: ахирал соназда цӏакъго гӏемерлъана цӏализе яги хӏалтӏизе, ялъуни унтуе дару балагьизеян ва дунял бихьизеян абун, республика тун къватӏире сапарал гьарулел дагъистаниял. Гьединаб ахӏвал-хӏалалда, дир пикруялда рекъон, цӏакъ хӏажат буго власталъулги, бизнесалъулги, гӏалимзабазулги, тохтурзабазулги, хӏатта щивав инсанасулги цолъараб ва цокӏалаб хӏаракат. Жидехъа бажарараб кумек гьабизе хӏадурал ва гӏадамал хвасар гьаризе гъира барал гӏадамал гӏемер руго нилъер.\n— Мухӏамад, реабилитациялъе нужехъе рачӏина, гӏицӏго вирусологал гурелги, терапевтал, кардиологал, неврологал ва цогидал махщелчагӏи. Жакъа гӏемер чиясе хӏажат буго психологияб кумек, гӏемер руго, унтаразул тӏалаб гьабулаго, рекӏелъ унти ккарал. Бегьулародай гьезухъе консультациялъе рачӏине ресукъал хъизамаздаса гӏадамал? Бажарилародай гьезухъа гьединал гӏадамал чӏобого къабул гьарун?\n— Цӏакъаб пикру буго гьеб, гьеб масъала дандбазе ккела реабилитациялде рачӏине ругел тохтурзабазда. Коронавирусалъ квелъ бараб Дагъистаналъул халкъалъе кумекалъе инкар гьабиларин ккола гьез.\n— Реабилитациялде рачӏине бегьулищ тохтурзабазул хӏакъалъулъ макъалаби хъварал ва больницабазда бугеб ахӏвал- хӏалалъул хӏакъалъулъ бицарал журналистал, хасго телевидениялда хӏалтӏулел ва, передачаби рахъулаго, коронавирусалъул унти жиделъе ккарал?\n— Лъикӏаб пикру буго гьеб! Битӏараб буго: гӏумруялъе хӏинкъи бугеб къокъадулъе ккола журналисталги. Ниж хӏадур руго реабилитациялъе бачӏараб щибаб къокъадулъе цо чанго журналистги ккезавизе. Гьебги дандбазе ккела хадубккун.\n— Кӏудияб баркала, гара- чӏвариялъе заман батаралъухъ! Гьарула лъикӏабщинаб ишалъулъ икъбал."}
{"slug": "8482-tiasa-bishcharab-makhshchalide-shchuliyab-roki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8482-tiasa-bishcharab-makhshchalide-shchuliyab-roki", "title": "Тӏаса бищараб махщалиде щулияб рокьи", "date": "2020-06-07 11:56:35", "categories": ["insan"], "text": "Гӏемерал сонал руго дида Кавсарат Шугӏайбова ва гьелъул рос Нажмудин Мухӏамадов лъалелдаса. Гьел кӏиялго руго тохтурзаби. Кавсарат ккола Хасавюрт районалъул больницаялъул бетӏерай тохтур, Нажмудин — Бамматюрталъул участкаялъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур. Гьезул вас Ахӏмадги эбел-инсул нухдасан ана — Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул академияги лъугӏизабун, гьев вахъана стоматологлъун. Хӏалтӏулев вуго Муцалаулалъул амбулаториялда. Кӏудияв вас Рустамицайин абуни, тӏаса бищана полициялъуласул захӏматаб, амма хӏурматияб махщел. Гьев ккола Чачан Республикаялъул, Ножаюрт РОВДялъул цӏех-рехазул отделалъул начальниклъун.\nГьеле гьединаб буго гьеб хъизан. Щивас тӏаса бищана жиндирго рекӏее бокьулеб хӏалтӏи.\nАмма, цогидазде дандеккун, Кавсаратил нухда квалквалал гӏемер рукӏана. Захӏмалъабаздаса хӏинкъичӏого цеехун иналъ, сундухъго балагьичӏого, тӏад чӏун гьабураб цӏалул ва хӏалтӏул хӏасилалда щвана гьей мурадалде.\nЛъимерлъиялдаса нахъе анищ букӏана Кавсаратил тохтурлъун яхъине.\n— Дир эмен боцӏул тохтурлъун хӏалтӏулев вукӏана. Дун гӏемер унаан гьевгун цадахъ фермаялде, школалдайин абуни, кидаго йикӏана санитаркалъун. Школалде унаан гъажалда хъахӏаб чалуги бухьун, багӏараб хъанч тӏад бахъараб гьединабго сумкаги гъежде рехун. Щибаб къойил хал гьабизе кколаан цӏалдохъабазул рацӏцӏа-ракъалъиялъул. Гьеб дие цӏакъ бокьулаан. Школалда лъолел спектаклязда тохтуралъул яги медсестраялъул роль гӏицӏго дица хӏалаан. Гьелъие дица рокъоса инсул хъахӏаб халгӏат босулаан ва, квараз бухьа-къан, рекъезабулаан диего,- ян ракӏалде щвезабулеб буго Кавсарат Шугӏайбовалъ.\nГӏагараб Кокрекальул гьоркьохъеб школалда микьго класс Кавсаратица лъугӏизабуна лъикӏал къиматазда ва, цӏалдохъабазул кьерда цееги яхъинаюн, гьелъие кьуна Реццалъул грамота.\nКьабуна ахирисеб цӏумур. Нахъа хутӏана школалъул сонал.\nТохтурлъун яхъине бугеб анищалъ яс киданиги рехун толей йикӏинчӏо. Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялде цӏализе росаразул сияхӏалда гъорлъ жиндирго цӏар бихьараб рохалилаб къо — 1970 соналъул 25 август, Кавсаритида гӏумруялъго рекӏелъ хутӏана. Жиндирго беразда божуларого, чанго нухалъ тӏад-тӏадюссун хал гьабуна гӏолилалъ медсестрабазул отделениялде цӏализе росаразул сияхӏалъул.\n— Кигӏан халаталха рукӏарал тӏоцебесеб сентябралде щвезе хутӏарал гьел къоял! Берцинго кьижизецин кӏолеб букӏинчӏо. Кидаго гӏадин, кӏудияб гъира-шавкъалда тӏаделъана цӏалуде, — ян бицана Кавсаратица студентлъиялъул соназул хӏакъалъулъ.\nГьединаб таваккалаб ва тӏадчӏараб цӏалуца лъикӏаб хӏасилги кьуна. Лъабго соналдасан бергьенлъиялда лъугӏизабуна Дагъмедучилище ва Кавсарат Шугӏайбовалъе щвана багӏараб диплом. Гьелда цадахъ рохел гӏахьал гьабуна эбел-инсуца, гьудул-гьалмагъабаз, лъале-хъвалез.\nКавсаратида ракӏалда буго районалъул централияб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялда медсестралъун хӏалтӏизе лъугьараб тӏоцебесеб къоги. Амма институталде цӏализе ине ругел пикрабаз гьей цо лахӏзаталъги рехун толей йикӏинчӏо. Хӏатта росасе ун хадубгицин тохтурлъиялъул тӏадегӏанаб лъай босизе бугеб анищалдаса гьелъ инкар гьабичӏо. Букӏаниги, гӏицӏго щуго соналдаса гурони росасда гьелъул бицен гьабизе кӏвечӏо.\n— Духъаго бажаризе батани, дун рази вуго. Амма кӏочонге нилъер кӏиго лъимерги, гӏи-боцӏиги, яшав- магӏишатги букӏин. Гьеб киналъулго тӏалаб-агъазалда вукӏине дир заман гьечӏо. Дипломалда лъабилал ругев тохтур, гьев тохтур гуро,- ян абуна Нажмудиница.\n— Дица щулияб рагӏи кьуна иш бажаризабизе, лъикӏ цӏализе ва магӏишаталъул хӏалтӏиги цадахъ бачине. Дипломалда гьоркьохъел къиматал диеги хӏажат рукӏинчӏо, — ян ракӏалде щвезабула Кавсаратица. — Росасе кьураб рагӏи дица ккуна.\nБигьаяб букӏинчӏо Кавсаратил анищалъул цӏваялда хадуб унеб нух. Цӏалул соназ гьей радал сагӏат ункъоялда яхъунаан, хъизаналъе тӏубараб къоялъе гӏураб квен гьабулаан, боцӏуе жо балаан, гӏачи речӏчӏулаан ва гӏедегӏулаан поездалде.. Кокрекалдаса Махӏачхъалаялде гьеб унаан радал сагӏат анлъгоялде анцӏила щуго минут хӏалтӏараб мехалъ, тӏад буссун, Махӏачхъалаялдасан багъарулаан къаси ичӏгоялде анцӏила щуго минут хӏалтӏидал.\nГьединан ана анлъго сон. Гьеб заманалда жаний цониги нухалъ кватӏичӏо дарсазде. Цониги лекция гьоркьоб биччачӏо ва цониги экзаменалъе лъабилаб къиматги ккезе течӏо. Гьеб гурищ сундаго барахщичӏого мурадалде щвезе хӏаракат бахъиялъул гвангъараб мисал?!\nЗахӏматаб ва халатаб букӏана Кавсарат Шугӏайбовалъул Дагъмедакадемиялъул аудиториязде нух. Студенткалъун яхъине тӏоцебесеб къасд гьелъ гьабуна медучилище лъугӏун щуго соналдасан, кӏиабилеб — медсестралъун хӏалтӏизе лъугьун анцӏго соналдасан. Кӏиябго нухалъ битӏ ккечӏо. Жеги щуго соналдасан лъабабизеги хӏал бихьана, ва гьаб нухалъ гьей рехун течӏо талихӏалъ. Гьедин таваккалго галабиги тӏамун, цеехун ана Кавсарат ва жиндирго тӏадчӏеялъул, къуркьунгутӏиялъул хӏасилалда тӏубана тӏолабго гӏумрудул мурад.\n— Захӏмалъабаздаса дун хӏинкъулароан. Тӏадегӏанаб лъай щвеялъул нухда сундаго лъалхъизайизе кӏвечӏо. Я хасалил цӏороялъул, ялъуни риидалил багӏариялъул квалквал букӏунароан, гьеб кинабго гӏадатияб жолъун кколаан дида, — ян бицана К. Шугӏайбовалъ. — Ракӏалда буго, цо нухалъ гӏемераб гӏазу бана, лъабго къоялъ поездалцин хьвадулел рукӏинчӏо. Тракторалдаги рекӏун, дун ана Ростов-Баку трассаялде щвезегӏан, гьений чӏун йикӏаго, талихӏалъ, бачӏана цо басриябго, гьанже гуреб гьанже бихх-биххун инилан кколеб гӏадаб, бензовоз. Гьелдаги рекӏун, щвана Гъизилюрталде, гьенисан автобусалда ана Махӏачхъалаялде. Нуж божиларо, гьеб къоялъги лекциялде кватӏичӏо.\nЦоги нухалъ дида кӏочон тана лекцияздаса хадуб институталъул парткомалъул хӏисаб кьеялъулгун рищиязул собрание букӏине кколин ва, рекӏине жо щвечӏого, рокъое ячӏинчӏого хутӏизеги рес бугин росасда абизе. Гьедин ккезеги ккана. Собрание къаси сагӏат микьго тӏубазегӏан халат бахъана, дир поезд анцӏила щуго минуталдасан унаан. Таксиги ккун, ана вокзалалде, амма поезд ун батана. Гьебго таксиялда тӏоцебесеб Махӏачхъалаялде гӏедегӏана, гьениб поезд чанго минуталъ лъалхъулеб букӏиндал. Гьенире щведалги тӏерхьун унеб поездалъул рачӏ бихьана. Щиб гьабилеб? Тӏад юссана общежитиялде, гьудулзабазухъе. Дица гьезда бицана рокъоб лъазабун букӏинчӏин, рос хадув вачӏинеги бегьулилан. Гьел дида божулел рукӏинчӏо. Дица абухъе ккезеги ккана. Гьев дида хадув вачӏана сордо бащалъулеб гӏужалъ. Рокъоре щвана кӏиго тӏубалеб мехалъ, дунин абуни, кӏиго сагӏатгун бащдалдасан нахъеги вокзалалде ине кколаан. Гьедин ана цӏалул сонал. Амма дун йохарай йикӏана гьединав лъикӏав, тӏалаб-агъаз бугев росги, лъимал- рукъги, жиндие гӏоло дица кинабго рехун тараб, цӏалиги букӏиналдаса. Дида сверухъ кидаго рукӏана лъикӏал гӏадамал ва дицаги хӏаракат бахъулаан гьезие лъикӏлъиялдалъун жаваб гьабизе.\nКавсарат Шугӏайбова ккола Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъай тохтур, Россиялъул Федерациялъул сахлъи цӏуниялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур.\nРакӏбацӏцӏадго ва свак лъачӏого гьабураб хӏалтӏуе гӏоло гьей мустахӏикълъана Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул ва райадминистрациялъул гӏемерал Хӏурматалъул грамотабазе. Амма бищун кӏудияб шапакъатлъун Кавсарат Исакъовналъ рикӏкӏуна, жидер сахлъи цӏуниялъе гӏоло гьалъ гӏумру кьурал унтаразул бугеб божиги адаб- хӏурматги. Исана кӏикъоялда анлъго сон тӏубана гьелъ, хъахӏаб халгӏатги ретӏун, больницаялъул нуцӏа рагьаралдаса ва киданиги гьелдаса ракӏги бухӏичӏо.\nКинаб хӏасилха кьолеб бугеб гьедин тӏадчӏун гьабулеб хӏалтӏуца?\nДагъистан Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул коллегиялъ ахирисеб чанго соналъул хӏалтӏул хӏасил гьабулаго, Хасавюрт районалъул медицинаялъул хӏалтӏухъабазул хӏаракаталъе кьуна, щуго баллалъул къагӏидаялда рекъон, ункъогун бащдаб баллалъул къимат. Узухъда, гьединаб тӏадегӏанаб къиматалъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Кавсарат Шугӏайбовалъги.\n— Тӏадегӏанав Аллагьасул кумекалдалъун буго тӏолабго рикъзиги, гьунарги, махщелги. Гьес нилъеда цебе лъун буго лъикӏабги квешабги. Дица хӏаракат бахъула лъикӏаб гӏамалалда гӏумру гьабизе. Анцӏго нухалъ борхана хӏеж. Ва дирго гӏумрудул щибаб сагӏат, щибаб къо, щибаб лъагӏел сайгъат гьабулеб буго гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе, — ян абуна Кавсаратица рази-ракиго.\nГьаб соналъул байбихьуда, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министрасул буюрухъалда рекъон, Кавсарат Шугӏайбова Хасавюрт районалъул больницаялъул бетӏерай тохтурлъун тӏамуна.\nКутакалда захӏматаб ва хӏинкъи бугеб заман бачӏаниги, короновирусилан абулеб, дунялго жинца сорозабулеб унтуде данде бахӏарчияб рагъ балеб буго Кавсарат Шугӏайбовалъ. Расги хӏинкъичӏого, тӏамула гьелъ гали бищун хӏинкъи бугел, «багӏарал зонабиян» цӏар лъурал, бакӏазде.\nГьединал «багӏарал зонаби» Хасавюрт районалда лъабго бакӏалда руго — Аксаялда, Кокрекалда ва Эндиреялда.\n— Гьеб лъабабго больницаялде 23 апрелалдаса нахъе дун лъаб-лъаб нухалъ щвана, унтаразулгун хабар бицана, камураб-тараб цӏехана. Узухъда, захӏмат буго, амма, захӏмалъабиги къезарун, кинабго пикру буссинабун буго унтаразул мурадал тӏураялде, — ян абуна гара- чӏвариялъул ахиралда Кавсаратица.\n— Кинабго дир гьунаралдалъун бугин аби гьереси букӏина. Кӏудияб кӏвар кьолеб ва сундулъго хӏажатаб кумек гьабулеб буго райадминистрациялъул бетӏер Жамбулат Салавовас. Баркала загьир гьабизе мустахӏикъав вуго республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимов. Къойилго гӏадин букӏуна гьесулгун бухьен.\nРайадминистрациялда гӏуцӏараб штабин абуни, данделъула щибаб къойил.\nХадуб Кавсаратицаги дицаги сапар бухьана рагъулал бакӏал ралез райбольницаялъул минаялда аскӏоб, лъабкъоялда кӏиго унтарав жанив вегизе рес кьолеб, рахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакӏалде.\n— Чан чиха кинавниги вегизавизе ккарав больницабазда? — ян цӏехана дица Кавсаратида, нухда унаго.\nКинавниги, коронавирусалъ вукӏа, пневмониялъ вукӏа, 430 унтарав вегизавун вукӏана 23 апрелалдаса нахъе. Тӏоцебесеб июналде 52 унтарав хутӏун вуго. Гьелги, Аллагьас хъван батани, сахлъила.\nРахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакӏалда нижеда дандчӏвай гьабуна Сергей Владимирович Владимировас. Гьаб июнь моцӏалъул ахиралде хӏалтӏи лъугӏизабизе бугилан рагӏи кьуна гьес."}
{"slug": "8483-nakkdal-bakhchun-varani-tiubachio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8483-nakkdal-bakhchun-varani-tiubachio", "title": "Наккдалъ бахчун варани тӏубачӏо", "date": "2020-06-07 12:18:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъе коронавирусалъ гьабураб зарал борцун бажарулеб роценго батиларо. Пандемия байбихьаралдаса нахъе РФялъул президентас хасаб данделъи тӏобитӏизегӏан ДРялъул официалияб статистикаялда ругел баяназда гӏажаиблъизе бачӏунаан. Хварал гӏадамазул къадар бихьизабулеб букӏана цӏакъго дагь. Гьайгьай, гьел баяназда божизе рес букӏинчӏо, щайгурелъул вацапалда ругел курсцоязул къокъабазда щибаб къойил бицунеб букӏана жиде-жидер росабалъ ккарал камиязул хӏакъалъулъ. Гьел тӏатӏала журараб мехалда кколеб букӏана официалияб баяналдаса гӏемерго цӏикӏкӏараб къадар.\n18 маялда, ай Путинилгун видео- данделъи тӏобитӏараб къоялда, бицана республикаялда унтун вугин 3460 чи ва 29 унтарав хун вугин абун. Федералияб даражаялдаго ахӏи бахъараб мехалда республикаялде ритӏун рачӏана машгьурал клиникабаздаса тохтурзаби. Гьезул бетӏерлъуда йикӏана Фтизиатриялъулгун рахунел унтабазул федералияб централъул нухмалъулей Ирина Трагира. Дербенталъул больницабазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хал гьабун хадуб тӏобитӏараб данделъиялда гьелъ загьир гьабуна официалиял баянал хӏакъикъиял ратиялде щаклъи. «Республикаялда гӏолел гьечӏо коронавирусалъ унтаразе хӏажатал дараби. Гьел рикьула тӏолабго Россиялда – официалияб статистикаги унтарал хвеялъул хӏужабиги кьочӏое росун. Официалиял баяназда рекъон, COVID-19 сабаблъун Дагъистаналда хун вуго гӏицӏго 36 чи. Гьебго заманалда, официалиял гурел баяназда рекъон, пневмониялъул хӏасилалда хун вуго 820 чи. Тӏадегӏанаб даражаялъул дарабиги гьечӏого, унтаразе кумек гьабизе захӏмалъула, гьеб бажаруларо. Хӏакъикъияб статистика загьир гьабичӏони, нужее дараби щвезе гьечӏо», — ян бицана гьелъ.\nГьелдаса хадуб байбихьана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ федералиял СМИяздаса бицине. Республикаялде щвана машгьурал журналистал, гьез хъвана макъалаби ва рахъана видео-репортажал. Хӏакъикъиязде гӏагарлъизе байбихьана статистикиял баяналги. Масала, 30 маялде унтаразул къадар бахана 4830-ялде ва хваразул — 226-ялде. Амма гьел баяназдецин божизе бачӏунаро. Щайгурелъул унти хъинтӏичӏеб росу яги шагьар хутӏичӏо. Рокъор регун сахлъарал яги Аллагьасул къадаралде щварал дагъистаниял хӏисабалде росуларо. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвалеб буго «Эти цифры меня ужаснули» абураб макъалаялда «Медузаялъул» мухбир Владимир Севриновскиясги.\nЖурналист щун вуго Дербенталдеги, Махӏачхъалаялдеги, Хьаргабивеги; дандчӏван вуго шагьаразул администрациязул вакилзабигун, «Инсан» абураб рахӏмуялъул фондалъул нухмалъигун, хварал тохтурзабазул гӏагарлъигун.\nДербенталда\nСевриновскияс хъвалеб буго: «Маялъул бащалъуда Дербенталъул мэр Хизри Абакаровас ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе хъвана коронавирусалъ унтаразул бугеб хӏакъикъат рагьараб кагъат. Гьенир рехсарал баянал рукӏана официалияб статистикаялдаса тӏубанго батӏиял», — абун.\nУнтаразул къадар мухӏкан гьабиялъул мурадалда, Дербенталъул нухмалъиялъ гьезул хӏакъалъулъ баянал тӏалаб гьарун руго муниципалитетазул идарабазухъа (щибаб муниципалитеталда вугев хӏалтӏухъанасул хӏисаб гьабуни, гьезул къадар бахуна лъабазарго чиясде), диниял идарабазухъа (мажгитаздеги, синагогаялдеги, килисаялдеги рачӏунел рукӏарал ва гьанже рачӏунел ругел гӏадамазул хӏисабги гьабун). Гьел баянал данде рехараб мехалда, 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб Дербенталда унтун ватана 9-10 азаргониги чи. 2020 соналъул апрелалдаги маялъул тӏоцебесеб бащалъиялдаги пневмониялъул хӏасилалда хвана 134 чи (официалиял баянал: пневмониялъ — 50 ва COVID-19 — кӏиго). Гъоркьиса 1-15 маялда хехаб кумек ахӏун буго 1368 нухалда, исана — 2245 чиясухъе. Гьезда гьоркьоса 331 чиясулъ батун буго пневмония ва 538 — ОРВИ.\n«Гьанже дагьлъун руго больницаялде рачӏунел унтарал. Гӏемерлъана сахлъун рокъоре унел гӏадамалги. Эркенлъарал бакӏазда нижеца регизарула районаздаса рачун рачӏарал ва захӏматго унтарал гӏадамал», — ан бицана Республикаялъул Хехаб кумекалъул больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Имангӏалиевас.\nХьаргаби\nБищун гӏемер унтарал ругеб район ккола Хьаргаби. В. Севриновскияс бицунеб буго гьениб бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Хасаб бакӏ макъалаялда кьун буго коронавирусалъул хӏасилалда къадаралде щварай рентген-лаборант Аминат Мажидовалъул хъизамалъе.\nТӏоцебесеб классалде хьвадулев Багьавудин ккола Аминат Мажидовалъул бищун гьитӏинав вас. Гьесда жеги бицинчӏо эбел тӏокӏалъ ячӏунареблъи. «Аминатие гьитӏинго бокьун букӏана тохтурлъун яхъине. Амма кумек гьабизе ккана эменги гьечӏого хъизам хьихьулей эбелалъе. Гьелъие бокьулаан жиндирго хӏалтӏи. Дица гьелда абулеб букӏана, больничныйги босун, рокъой чӏаян. Гӏадамазда ракӏалде ккезе бугила жий хӏинкъун йигилан жаваб кьуна дие гьелъ», — илан бицана Аминатил бетӏергьанчияс.\n«Кинабго байбихьана 11 апрелалда. Рахунел унтабазул отделениялде ячун ячӏана нижерго поликлиникаялъул заведующая. 16 апрелалда тахшагьаралъул больницаялде йитӏана гьей нижеца. 23 апрелалда гьей хвана гьений. Гьеб заманалде больницаялде рачӏине байбихьана гӏемерал унтарал — сордо-къоялда жанив вачӏунаан 15-17 чи. Больница хӏадур букӏинчӏо гьел къабул гьаризе. Республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул буюрухъалда рекъон, нижеца гӏуцӏизе кколаан 40 унтарасе бакӏ бугеб обсервациялъул отделение. Гьенир регизаризе кколаан кӏиго анкьалъ рокъор чӏезе санагӏат гьечӏел унтиялде щаклъи бугел гӏадамал. Унтарал ритӏизехъин рукӏана Буйнакскиялъул больницаялде. Гьениве витӏана лъабго чи, цогидал районаздасаги унтарал рачӏунел рукӏана ва гьенир тӏокӏалъ къабул гьаричӏо гьел.\nГьеб мехалда дица терапиялда рагьана рахунел унтабазул госпиталь. Неврологиялда регизаруна ковидалде щаклъи бугел унтарал, хирургиялда гьабуна реанимация, хӏалтӏизаруна районалъул росабалъ ругел больницабиги. Гьедин нижеца гьабуна 170 унтарасе бакӏ. Гӏолел рукӏинчӏо дараби, унти ккеялдаса цӏунизе рес кьолел костюмал нижеда рихьун рукӏана гӏицӏго суратазда. Рукӏана чумаялде данде къеркьолаго тӏад ретӏунел халгӏатал, респираторазул бакӏалда — цо нухалда гурони хӏалтӏизаризе бегьуларел тӏеренал маскаби. Хадубккун дица коллективалда чанго гъат бугел рукъеян гьарана», — ян бицана Хьаргаби районалъул больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Абакаровас.\n«20-21 апрелалдаса нахъе гӏемерлъулел рукӏана унтарал. Букӏинчӏо компьютерияб томограф. Киналго рачӏунаан больницаялде — унтаралги сахалги. Щивасе бокьун букӏана флюорография гьабизе — байбихьана унго-унгояб психоз. Къваридаб жанахӏалда вакӏарулаан 30-40 чи. Щивасе къваригӏунаан тӏоцебесеб иргаялда жиндир гӏагарав чиясул — эбелалъул, яц-вацасул хал гьабизе», — ян бицана бетӏерав тохтурас.\nХӏалтӏул ахирисеб кӏиго анкьалъ Аминат Мажидовалъ хал гьабуна 1400-ниги чиясул. Гьезда гьоркьоса 127 чиясул чӏезабуна пневмония — жеги мухӏканаб диагноз лъезе рес кьолеб хӏал букӏинчӏо больницаялда.\nБольницаялда гӏадлу-низам гьабизеги унтаразе бажарараб кумекалъеги рахъана хьергебдерил гӏолилал-волонтерал. Реанимациялъул кӏалтӏа эхетун руго кислородалъул баллонал. Гьезда аскӏор хӏухьбахъулел руго добровольцалги. «Гьанив вегун вукӏана 130 унтарав, къогоялдаса цӏикӏкӏун — захӏматаб хӏалалда вугев. Букӏана гӏицӏго ункъо баллон. Тохтурзабаз гьарана дарабиги кислородги балагьизе кумек гьабеян абун. Нижеца социалиял гьиназдаса хитӏаб гьабуна дагъистаниязде, республикагун улка тун къватӏирехун ругел ракьцоязде, кумек гьабеян абун. Гьеб кумекалъухъ росана тохтурзаби цӏунулел костюмалги, дарабиги, кислородги. Дагъистаналъул Муфтияталъ больницаялъе гьабуна щунусазарго гъурщил кумек, бецӏана кванил нигӏматазухъ гӏадамаз тукаде кьезе букӏараб налъи. Гӏолохъаби хӏалтӏана медбратал гӏадин — гьез унтарасухъе щвезабулаан 70 килоялъул бакӏлъи бугел кислородалъул баллонал. Моцӏгӏан заманалда жанив росулъ хвана лъебергоялдаса цӏикӏкӏун чи — лъагӏелалъ холаан гьедигӏанасев чи», — ян бицана волонтеразул нухмалъулев Жаватхан Хӏусеновас.\nРоспотребнадзоралъул баяназда рекъон, 31 маялде 22 азарго чияс гӏумру гьабулеб Хьаргаби районалда хвана микьго чи. М. Абакаровас бицаралда рекъон, районалда унтана 407 чи (гьезда гьоркьоса 18 — тохтур), COVID-19 чӏезабуна 22 унтарасулъ ва хвана 23 чи. Амма хьергебдерица абулеб буго жеги гӏемер унтанинги хванинги. «80 проценталдаса дагь ккечӏо коронавирусалъ унтаразул къадар. Щибаб хъизамалда хъинтӏана гьеб унти — росулъ щибго балъго гьабун бажаруларо. Гӏадамаз жидецаго гьабуна дару-сабаб, хӏалтӏизаруна халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги», — ян бицана волонтер Мажидица.\nГьесул пикруялда тӏад рекъана бетӏерав тохтурги. «Больницаялде рачӏунаан гӏицӏго захӏматго унтарал. Тӏадагьаб формаялда унтаралги гӏемер ратила. Мухӏканаб хӏисаб лъицаниги гьабичӏо», — ян бицана гьес.\n16 маялда журналистасул суалалъе жаваб кьолаго, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министрас абуна, COVID-19 сабаблъун 40-ялдаса цӏикӏкӏун тохтур камунилан республикаялъе — официалияб статистикаялда рукӏарал баяназдаса гӏемер ккола гьеб. Хӏакъикъиял хӏужаби рахчиялъул гӏилла бичӏчӏуларо. Аминат Мажидовалъул букӏана 44 сон. Бесдаллъана гьелъул ункъо лъимер.\nКоронавирус къуваталда бугеб заманалда кӏодолъана щибаб росдал хабзал. Аллагьас мунагьал чураги нилъер хваразул ва гьезул гӏагарлъиялъе, бесдаллъарал лъималазе, лъималаздаса ратӏалъарал умумузе кьеги сахлъи."}
{"slug": "8484-matiugian-batsitsiadab-giusmanil-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8484-matiugian-batsitsiadab-giusmanil-giumru", "title": "Матӏугӏан бацӏцӏадаб Гӏусманил гӏумру", "date": "2020-06-07 12:37:15", "categories": ["obshestvo"], "text": "80 сон тӏубана нижер гьудул Гӏусман Демешевас. Гьев гьавуна 1940 соналъул ичӏабилеб июналда Чӏарада районалъул Цӏенеб росулъ учителасул хъизамалда.\nРосулъ школа гьечӏолъиялда бан, араб гӏасруялъул къоабилел соназул ахиралда росдал лъимал хьвадулел рукӏана Гӏумар Демешевасухъе рокъоре. Гьев вукӏана росулъа тӏоцевесев учитель. Цӏенеб щвезегӏан гьесухъе цӏализе хьвадулаан Кӏулзеб, Шугъинуб ва цогидал росабалъа лъималги.\nГӏусманил букӏана захӏматаб гӏумру. Гьесул лъимерлъи ана рагъда хадусел ракъул ва ресукълъиялъул соназда. 11 сон бараб мехалда хвана гьесул эмен ва рукъалъул магӏишаталъул ургъел бегана лъималазул гъуждузде. Эбел-инсуца гьитӏинго куцана гьезулъ хӏалтӏуде рокьи. Гӏусманил кӏудияв вац Мухӏамад ва яцал Шамсиятги Патӏиматги хӏалтӏулел рукӏана росдал колхозалда. Дояркалъун хӏалтӏулей йикӏарай 21 сон барай Патӏимат 1966 соналда мустахӏикълъана Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул орденалъе ва кӏиго соналдаса гьелъие кьуна ВЛКСМалъул ЦКялъул Хӏурматалъул гӏаламат.\nШколалда цӏалулаго, Гӏусманил анищ букӏана юристлъун вахъине. 1959 соналда гьес лъугӏизабуна Гӏириб росдал гьоркьохъеб школа. Амма юридикияб факультеталда къабул гьарулароан хӏалтӏул хӏалбихьи гьечӏел гӏолилал.\nГӏусман хӏалтӏизе лъугьана Чӏарада районалъул прокуратураялда секретарьлъун. Прокурорлъун вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, Гъуниб районалъул Чӏохъа Гӏумар-Хӏажи Багъдулов.\n1961 соналда Гӏусман цӏализе лъугьана Саратовалъул юридикияб институталде. Кӏиабилеб курсалдаса гьев ана Советияб Армиялда хъулухъ тӏубазе. Лъабго соналдаса тӏад вуссана институталде ва, 1968 соналда гьебги лъугӏизабун, гьев витӏана Буйнакск шагьаралъул низам цӏунулел идарабазул отделалда следовательлъун хӏалтӏизе.\n1973 соналда вищана Хунзахъ районалъул халкъияв судьялъун.\nГӏусман куцан вукӏана цевехъанлъун вукӏине. Школалдаги армиялдаги гьев вукӏана комсомолалъул гӏуцӏиялъул секретарьлъун.\nНухмалъулесул пагьму гьесулъ загьирлъана Гъуниб районалъул прокурорлъунги республикаялъул прокуратураялъул отделазулгун гӏуцӏабазул нухмалъулевлъунги хӏалтӏулеб заманалда. Гьес кидаго ритӏухълъи цӏунана, махщалил рахъалъ тӏоцевесев учительлъунги гӏумрудул гьудуллъунги вукӏарав, Гӏумар-Хӏажи Багъдуловасул хӏалтӏул къагӏидабазе.\nДоб заманалда Гъуниб букӏана батӏи-батӏиял росабазул вакилзабаздаса гӏуцӏараб ва ишалъе цӏикӏкӏараб пайда бугеб районалъул нухмалъи: КПССалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарь, рагъул гӏахьалчи ва прокуратураялъул идарабазул ветеран Сугъралъа Хӏажи Гӏинчилов, райисполкомалъул председатель Гьонодаса Набиюла Мухӏамадов, районалъул прокурор Чӏарада районалдаса Гӏусман Гӏусманов, КГБялъул отделениялъул начальник Болъихъ районалдаса Жавпар Рамазанов, судалъул председатель Цӏумада районалдаса Астемир Гӏумаров, РОВДялъул начальник Лъаратӏа районалдаса Мухӏамад Юсупов ва гь.ц. Щибаб шаматкъоялъ районалъул нухмалъулел унаан иргадулаб росулъе, хал гьабулаан бакӏалъул хӏалтӏул ва, хӏажалъи бугони, райкомалъул бюроялда цебе лъолаан гьениб тӏатараб масъала. Букӏана кьварараб гӏадлу.\n50 соналъ хъулухъ гьабуна Гӏусман Демешевас низам цӏунулел идарабазда, амма цохӏониги бадибчӏвай щвечӏо гьесие хӏалтӏул рахъалъ. Гьев вукӏана махщел камилав, ракӏбацӏцӏадав ва жиндир пикруялдаса сунцаниги кьуризавун бажаруларев инсанги, сахаватав гьудулги, хирияв гьалмагъги. Хӏалтӏухъабазде букӏунаан кьварараб тӏалабчилъи – гьединабго бербалагьи букӏана жиндехунгоги. Гьес киданиги гьабичӏо намусалъ къабул гьабулареб хӏукму. Жиндир гӏумру бигьалъизабулеб ва рес цӏикӏкӏинабулеб нух балагьизеги лъугьинчӏо гьев.\nГьелгуниял соназ хӏалтӏарав Гӏусманил гӏумру ана мухьдахъ ккурал яги хӏалтӏулебгӏан заманалъ жанив вукӏине пачалихъалъ кьурал рукъзабахъ. Республикаялъул прокуратураялде хӏалтӏизе вачӏараб мехалда гьесие кьуна лъабго рукъ бугеб квартира – гьениб гьабулеб буго гӏумру жакъаги. Махӏачхъала шагьаралъул исполкомалъ гьесие кьуна дачаги, амма гьенибги мина бачӏо гьес.\nНизам цӏунулел идарабазда хӏалтӏулеб заманалда гьесие щварал шапакъаталгун каранда ралел гӏаламатал ва сайгъатал рикӏкӏун хӏал кӏвеларо. Гьев вуго «Захӏматалъул ветеран», «Прокуратураялъул идарабазул ветеран», «ДРялъул низам цӏунулел идарабазул мустахӏикъав хӏалтӏухъан». Мустахӏикълъана «Законалъе ритӏухълъиялъухъ» абураб, каранда балеб, I-себ даражаялъул гӏаламаталъеги.\nМашгьурав хъвадарухъан Бальзакица абулаан, юристал релълъарал ругин тохтурзабаздаги рухӏиял церехъабаздагиян. Гӏусман кидаго вукӏунаан хӏалтӏуда – гьатӏанкъояздаги байрамкъояздаги. Нижеда, гьесул гьудулзабазда, кидаго гьев ватулаан хӏалтӏуда. Разиго кумек гьабулаан гьес гӏолохъанал ишцоязеги, малъа-хъвай хӏажалъун вачӏарасеги.\n2000 соналда Гӏусман Демешевас хӏалтӏи тана. Амма хӏалхьиялда чӏечӏо гьев – байбихьана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулги ветераназулги жигарчилъиялъулъ гӏахьаллъизе. Гьев хӏалтӏана А. Герценил цӏаралда бугеб университеталъул Дагъистаналъул филиалалъул директорасул заместительлъунги прокуратураялъул пенсионеразулги ветераназулги жамгӏияб гӏуцӏиялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул советалъул председательлъунги. Гьел хъулухъазда вукӏаго, гьев мустахӏикълъана «Гӏолилазул мустахӏикъав насихӏатчи» абураб къадруяб цӏаралъе.\nГӏусманица гӏезабуна ва, лъикӏаб лъайгун тарбия кьун, гӏумруялъул нухде тӏамуна ясги кӏиго васги. Инсул нух тӏаса бищана кӏиявго васас. Яс Анжела йиго лъималазул тохтурлъун."}
{"slug": "8485-giolokh-anl-iyal-ul-kurkbazdagi-rekiun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8485-giolokh-anl-iyal-ul-kurkbazdagi-rekiun", "title": "Гӏолохъанлъиялъул куркьбаздаги рекӏун…", "date": "2020-06-08 06:39:30", "categories": ["insan"], "text": "Анищалъул цӏваялъул канлъухъе\nУнго-унгоги, гӏолохъанлъи, дулъ бугебщинаб гьунарги, гучги, гьелчейги, къеркьейги, рорженги. Дулъ гьелегьун беролел пикрабазги анищазги тӏаса бищула гӏицӏго тӏадегӏанлъи. Дуца щивав гӏолиласухъе кьола жиндирго анищалъул цӏва. Гьеб цӏваялъухъе нух бахъулаго, гӏолилал тӏуркӏуларо, гьезда лъаларо захӏмалъи щибалиги. Доба борхалъуда бугеб гьеб цӏваялъ гӏолилазухъе ритӏун рачӏуна жиндихъе щвезелъун гьез тӏуразаризе кколел тӏадкъаял. Цинги байбихьула жиндирго анищалъул цӏваялъухъе щивасул бугеб тӏадегӏанаб къеркьей. Гьединал лахӏзатаз каранда ракӏги басандула, биги гьелегьуна, анищалги кьурдула. Ва гьеб киналъулго хӏасилалда анищалъул цӏваялъ гӏолилазул гӏумруялъе канлъиги кьола. Ва гьеб канлъухъе гьел роржуна къисматалде данде.\nГьеле гьединаб талихӏаб канлъухъе, жиндирго анищазул куркьбаздаги рекӏун, йоржуней йиго гьайбатай магӏарулай Хадижатги. Гьелъул къисматалъул хӏайранаб къисаялъ пана гьаюна дун. Гьелъ рачунел хӏасратал бакъназухъ гӏенеккидал, рухӏдаллъизе бачӏана къисматалъул согӏаб кӏичӏикье ккезе доб хӏикматаб цӏваялъ течӏей гӏолилалъул къеркьеялда. Жибго гьеб цӏваги Хадижатил каранда ракӏлъун кенчӏелеб буго.\nДагъистаналдаса тӏоцеесей художник-мультипликатор\nДагъистан тун къватӏибехун гӏумру гьабун йигей цоги магӏарулай! Мугӏрузул улкаялдаса тӏоцеесей художник-мультипликатор! Гьелъ рахъарал суратазухъ ялагьун гӏорцӏулейго гьечӏо. Гьезул кумекалдалъун бицунеб буго гӏолилалъ гьитӏинаб ватӏаналде бугеб жиндирго кӏудияб рокьулги, магӏарул тарихалде бугеб гьайбатаб гӏищкъуялъулги, жиндирго анищалъул цӏваялъухъе гьабураб бигьаяб гуреб, амма тӏадегӏанаб рорженалъулги хӏакъалъулъ.\nГьаюна Хадижат Мухӏамадова Махӏачхъала шагьаралда Гъуниб районалдаса Иманшапил ва Хунзахъ районалдаса Зульфиял хъизамалъе. Гьитӏинай Хадижатил сахлъиялда бан, гьелъул ункъо сон бугеб мехалда, хъизан гочана Тула шагьаралде. Гьениб ясли-ахалдаго тӏатине лъугьана Хадижатил пагьму-гьунар. Цинги — шагьаралъул №65 школалда цӏали. Хадижатихъе учительзаби рокъорего рачӏунааан – гьелъие захӏмалъулеб букӏана къойил школалде ине. Амма гьелъул эркенаб заманцин букӏунароан – Хадижат свакалей йикӏинчӏо суратал рахъун. Киналго лъималазе бокьулелъул суратал рахъизе, рокъосезги гьелде байбихьуда кӏудияб кӏварго кьолеб букӏинчӏо. Амма соналдаса соналде цӏубалеб букӏана суратал рахъизе гьелъул бугеб пагьму. Къого сон базегӏан, къеркьана Хадижатги Хадижатил пагьмуги согӏаб унтигун. Амма гӏолилалъул гӏумруялде бугеб гӏащикъаб рокьул кутак бергьана больницабазул палатабаздаса. Гьенибги батана гьелда къуват. Гьеб гьелъие кьолаан суратаз ва доба хъахӏилзобазда жинца кунчӏи кьеялъухъ балагьун чӏун бугеб анищалъул цӏваялъги. Хьвадизе лъугьана аскӏобго бугеб ИЗОстудиялде, гӏахьаллъулаан школалда ва шагьаралда тӏоритӏулел суратал рахъиялъул къецазда ва выставкабазда. Заманалдасан шагьаралда тӏобитӏана Хадижатил суратазул выставкаги. Цадахъго — гӏемерал шапакъаталги, дипломалгун грамотабиги. Кунчӏана гӏолилалъул цӏва. Ва дагь-дагьккун гьеб гвангъизе байбихьана. Хадижатица сапар бухьана гьитӏинго бижараб анищалъухъе – гьелъие бокьун букӏана художник-мультипликаторлъун яхъине.\n2009 соналда гьей лъугьана В. Д. Поленовасул цӏаралда бугеб художествияб школалде. Амма школа лъугӏизабизе санагӏалъи ккечӏо, гьаб нухалдаги сахлъиялда бан. Дагьабго сахлъи щулалъидал, гьелъ цоги нухалда хӏалбихьана цӏализе лъугьине. Гьанжесала – Репинил цӏаралда бугеб Санкт-Петербургалъул академиялде. Гьаб нухалдаги согӏаб къисматалъ хӏалбихьана гӏолилалъул анищалда цебе хӏетӏе кквезе – академиялъул тӏасиял тӏалабазде яхине гьелъие захӏмалъана. Захӏмалъаби дандчӏванагӏан, бокьулеб букӏана гьелъие жиндирго анищалъухъе щвезе.\nЦоги нухалда хӏалбихьана цӏализе лъугьине. Гьаб нухалда – Москваялъул пачалихъияб кинематографиялъул институталда цере рагьарал лъагӏалил курсазде. Гьездаго цадахъ дистанционнияб къагӏидаялда цӏалун лъугӏизабуна 11-абилеб классги.\nШкола лъугӏун хадуб Хадижат лъугьана А.С. Даргомыжскиясул цӏаралда бугеб Тулаялъул искусствабазул колледжалде. Ва гьеб лъугӏизабуна 2018 соналда.\nГӏолилалъ анищалъул цӏваялъухъе гьабулеб сапар гьоркьоса къотӏизе толеб букӏинчӏо. Цӏваялъ гьей жиндирго канлъухъе ахӏулей йикӏана.\nХӏалтӏизе лъугьана Санкт- Петербургалда бугеб анимационнияб киноялъул «Мельница» киностудиялде. Гьанибго цӏидасанги сахлъи гьечӏолъиялъ квалквал гьабизе байбихьана. Амма гьединал квекӏеназ Хадижатил рекӏелъ гӏумруялде бугеб рокьул цӏа дагьабги гьелегьинабулеб букӏана. Гьелда ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо нахъе къазе. Гӏолилалъул жиндирго хӏалтӏуде бугеб рокьиги адабги бихьун, гьелъие кумек гьабизе байбихьана киностудиялъги. Гьабсагӏаталъги Хадижат гьений хӏалтӏулей йиго.\nЯсалъул анищалда куркьбал рижиялъе, тӏоцебесеб иргаялда, кумек гьабуна эбел-эмен Иманшапицаги Зульфияцаги. Ахир-къадги Хадижатие къисмат гьимараб Санкт- Петербургалда гӏумру гьабулеб буго гьезул хъизамалъ.\nБокьула Хадижатие гӏагараб Дагъистан. Гьелъул тӏабигӏаталъухъги гӏадамазухъги рокьи ккарал суратал гӏемер руго гьелъул. Санайилго гӏадин жиндирго эбел-эменгун, яцал Эмилиягун ва Меседгун гьей щола Дагъистаналде. Гьелъул хӏалхьоларо гӏагараб ватӏаналъул берцинлъиялдаса, ва гьелъ гьеб берцинлъиялъул гӏадамазе бицине тӏамула жиндирго суратал.\nГьединго, Хадижат гӏахьаллъула Тӏолгороссиялъул творческиял проектаздаги.\n— Дие цӏакъ бокьула художник- мультипликаторасул бигьаяб гуреб хӏалтӏи. Гьеб кӏвар цӏикӏкӏараб ва захӏматаб букӏиналъги батила дида дирго гӏузрабиги кӏочарал ва дирго цӏваялъухъе йоржинеги бажарараб, — илан абуна Хадижатица.\nГвангъулеб, кунчӏулеб буго гӏолилалъул цӏва, гьелъул анищазе цӏаги кьолаго.\nГьарула гьеб цӏадуе гьелегьинги, цӏваялъе беричлъиги, анищазе тӏадегӏанлъиги."}
{"slug": "8486-rokuk-l-iyal-rekiel-kvershchel-gabichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8486-rokuk-l-iyal-rekiel-kvershchel-gabichio", "title": "Рокьукълъиялъ рекӏелъ кверщел гьабичӏо", "date": "2020-06-08 06:45:51", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Дир кӏодоэбел Ингердахъа Патӏиматил гӏадамаздехун букӏараб рокьиги рекӏел бухӏиги киданиги ракӏалдаса унаро. Гьей гӏадатияй мугӏрул ясалда гьитӏинаб къоялдаса бихьанщинаб къоялъул цо макъалаялдаса бицун хӏалкӏвеларо. Цониги цӏакъав бахӏарчиясда гьелда гӏадин къварилъи бихьун букӏарабани, гӏаданлъиялъул хасият цӏунизе кӏвелеб букӏанадай абун ракӏалде ккола.\nХалатаб гӏумруялда жаниб гӏемераб гӏакъубаги гӏадамазул хиянатлъиги бихьана нижер бахӏарчияй кӏодода. Квешал ва жахӏдаял гӏадамал сабаблъун лъимерлъиги ракӏ бакъваялда ана гьелъул. Гӏаданлъиги яхӏ-намусги рекӏелъ цӏунизе ккани, рекӏелъе жахӏдаги рокьукълъиги биччазе бегьуларин малъулаан гьелъ нижеда. Рокьиги рокьукълъиги — гьел кӏиялго гӏумруялъго цадахъ рукӏунин абулаан нижеда кӏодоца. Квешлъиялъ рекӏелъ кверщел гьабизе гьукъизе кколин, рекӏелъе лъугьизе гьеб тани, тӏокӏаб нахъ буссунарин абулаан гьелъ.\nНижер кӏодоэбелалъул эмен ва кӏудада рукӏана Ингердахъ росулъго бечедал гӏадамал. Эбел-инсул недегьаб бербалагьиялда гъоркь йикӏарай гьитӏинай Патӏиматида бичӏчӏулароан сверухъ лъугьунеб бугеб хиса-баси ва хӏуригат бахъаралдаса нахъе жидер хъизаналъе кӏудияб хӏинкъи букӏин. Хасалил бецӏаб сардилъ бечедав чиян, «халкъалъул тушманин» абун эмен вачине НКВДялъул гӏадамал рачӏиндал бичӏчӏана гьелда кинабго. Гьеб бецӏаб сордо гӏумруялъго «рогьинчӏо» Патӏиматие. Гьелъул инсул рахъалдаса мацӏ гьабурал росуцояздеги, гьезул хъизанги щущахъ бан, къадал ва чӏабар хутӏизегӏан рокъоса къайи бахъараздехунги рокьукълъи бихьизабичӏо гьелъ, гӏумруялъго гьел къватӏирги чӏвазаричӏо. Кинабго хӏакъикъат Тӏадегӏанав Аллагьасда бихьулеб бугин абун тана гьелъ. Гьелъул гӏакъилал, херлъиялъ жанире рортарал беразухъ кидаго кунчӏулеб букӏунаан лъикӏлъиги лъималаздехун бугеб рокьиги. Гьединай йикӏана дир кӏодоэбел.\nРагъдаса бачӏараб чӏегӏераб хабар\nДир кӏодоэбел Патӏимат 14 сон барай гӏадан росасе кьуна. Лъицагӏаги гьикъичӏо гьелда дуе гьев чи вокьулищан, гьикъулеб гӏадатги букӏинчӏелъул. Гьелдаги лъалароан рокьи щибжояли. Эмен кулаклъун гьавун заман балелде гьелде регӏунги йикӏинчӏо гьей. Дир кӏудада Умалат вукӏана цӏакъ ракӏ лъикӏав чи. Кӏодоэбелалъеги гьев гӏумруялъулго гьудуллъун, бищунго къиматав ва вокьулев чилъун лъугьана.\nХъизан гьабун дагьабго заманалдаса Умалат армиялде ана. Кватӏичӏого байбихьана Финляндиягун рагъ, хадуб фашисталгунги. Гӏолохъанай лъадиян абуни гьес жиндирго бесдалэбелгун ва яцалгун тун йикӏана. Умалатил эбел гьев кинида вугеб мехалдаго хвана. Гьанжего гьанже балугълъиялде яхуней Патӏимат цогидал росуцоялгун цадахъ колхозалда хӏалтӏизе ккана. Цогидал чӏахӏияздаго гӏадин, хӏукуматалъул магъалоги тӏад лъуна гьелда. Рагъул фронталдаса гьелъухъе пашманаб хабар бачӏана Умалат бахӏарчиго хванин абун.\nУмалат хванин чӏегӏераб хабар бачӏаралдаса гӏемераб заман инелде гьелда росасул бесдалэбелалъ абуна: «Умалатги фронталда чӏвана, гьев тӏад вуссунаро. Дурго инсул рокъое тӏад юсса», — ян. Дир гъаримай кӏодоэбелалъул ракӏ лъукъана, амма щибго рагӏи абичӏого, инсул гъасде тӏад юссана. Гьениса нахъе унелъулги гьелъ рос чӏван вугин абурал къваридал пикраби жиндирго ботӏролъа рачахъулел рукӏана. Гьев лъидагӏаги хун вихьун гьечӏелъулин абун хинал хьулаз хьихьун йикӏана.\nПатӏимат гӏемер хӏалтӏана, данде рехун гӏарац гӏезабун жиндиего мина босана гьелъ. Эбелги жиндаго аскӏое ячана гӏумру гьабизе. Эмен кулак гьавун вачун аралдаса нахъе Патӏиматил эбелги унтун бусаде ккун йикӏана. Гьелъие хӏажат букӏана ясалъул хъулухъги рокьиги.\nАнкьго соналъ хваравлъун рикӏкӏарав кӏодоэмен\nЦо нухалда кӏодоэбел росдал советалде ахӏана. Халат бахъичӏого налог кьезе кколин лъазабуна гьелда. Гьелъул рокъоб букӏинчӏо гьеб налог кьезегӏанасеб яги бичизе бегьулебгӏанасеб жо. Кин букӏаниги, гьелъ рагӏи кьуна базаркъоялъ райцентралдеги ун гӏарац балагьилин абун. Рокъое щварабго гьабилебги лъаларого, чараги къосун гьей гӏек-гӏекиялда гӏодана. Патӏимат тӏубараб къоялъ колхозалъул хурий хӏалтӏулаан жиндирго къваридаб къисматалдеги хьандолаго. Къаси рукӏкӏунеб заманаялъ гурони рокъоеги щолароан. Цо нухалда колхозалъул хурийги хӏалтӏун рокъое щварай гьалда рукъалъул рагъида цо ворхатав чи эхетун вихьана. Гьелда ракӏалде ккана Жанбег вачӏун ватилин налогал ракӏаризеян. «Колхозалъул хурий нужее гӏарац бищулей йигин дунан ккунищ вачӏарав», — абун ракӏалдеги ккун, ццинги къулчӏулаго, цеехун йилълъана Патӏимат. Баччун букӏараб харил къайиги гӏодоб лъун тун гьей рагьде лъугьана.\n— Щиб, цӏакъгойищ свакарай, Патӏимат? – ан рагӏана гьелда гьелъие гӏагараб гьаракь.\n— Умалат! – абун гьаракьги биччан, тӏун рехараб тӏегь кинигин лъавудаса йортун ана гьей. Хадусеб къоялъ росдацаго кӏодо гьабуна Умалат вачӏин. Рохалил гӏорхъиго гьечӏин ракӏалде кколеб букӏана Патӏиматидаги.\nГӏумру гьабизе бигьалъана. Нижер кӏудадаеги кӏодоеги гьаруна ункъо ясги кӏиго васги. Гьанже гьезулги руго жидерго лъималги, гьезулги лъималги.\nХадуб чанго соналдаса кӏудадаца бицун буго кӏодода, фронталдаса тӏад вуссунелъул хьулго букӏинчӏин мун дихъ ялагьун чӏун ятилин. Ругънал сахлъизегӏан гьес госпиталазда гӏемераб заман бана. Живго унтун вукӏин рокъосезда лъазабизе ресги щвечӏо гьесие.\nЖив «хваниги», хилиплъичӏей лъадуде кагъат\nГоспиталалдаса тӏад вуссун, Хасавюрталде щварав Умалатида къотӏнов дандчӏван вуго росулъа мадугьал. Гьев вихьигун мадугьал хаган хутӏула. Гьев киназго хваравлъун рикӏкӏунев вукӏаралъул. Росулъ бугеб цӏияб хабар цӏехола. Гьес жиндир лъадул цӏарго бахъинчӏин абун, ракӏ хӏинкъадго теркӏезе лъугьана. Цощинаб, Патӏимат росасе ун йикӏин жиндаса балъго гьабулеб батилин гьесин абурал пикрабаз рахӏат толеб букӏинчӏо гьесул. Яхӏ гьабизего кӏвечӏого, жиндир Патӏимат дун хваравинги ккун росасегӏаги ун ятилин абун цӏехола гьес мадугьаласда. Гьел рагӏаби рагӏигун, мадугьал бадирчӏваялгун Умалатиде вагъизе лъугьуна. Дур лъади мун чӏваравлъиялдацин божичӏого духъ ялагьун чӏун йигин бицуна гьес. Умалатил ракӏ рохалица пархезабуна, амма пикрабазулъ щаклъиялъул гьуриги багъулеб букӏана. Гьес рокъой тун йикӏаралъул гьитӏинай, 14 сон барай лъади. Бокьараз ракӏ лъукъизабизе яги махсараде кквезе рес букӏана гьединай гӏаданалъул. Патӏиматицайин абуни бахӏарчиго къо хӏехьана, магӏишатги гьабуна, унтарай жиндирго эбелалъул тӏалабги гьабуна. Гьелъухъ кӏудадаца кӏудияб къиматги гьабулаан нижер кӏодоэбелалъул.\nРагъдаса кӏудадаца нижер кӏодоэбелалъухъе битӏараб кагъатги гьанжелъизегӏанги цӏунун хутӏун буго:\nПатӏиматихъе\nБитӏизин цо кагъат тӏадмагӏарухъе,\nТӏогьол квацӏиялда кодобе кьеян,\nХъвазинха саламал Дагъистаналде,\nДун кӏочон ватани, ракӏалде щвезе.\nДир багӏараб месед, магӏарухъ тана\nМугӏрул гӏанса гӏадин бакънал рачуней,\nДир чарчураб ритӏучӏ, рагъил ракьанда\nЧӏурулидул гьаркьихъ кьижун ятила.\nГьудул, гьаб рагъдаса дун вуссунаро,\nСурмияб тӏе дуца, тӏагъур хъахӏаб ккве.\nТӏамурги, гӏоркьги ккун, цӏадаб лъун бухӏе,\nТӏокӏаб гьеб бачине дир чара гьечӏо.\nДун тӏад вуссинилан, хьул лъоге, гьудул,\nБохдул руго расун цӏалкӏу кинигин,\nГьанивго хваниги, хивалги гьечӏо,\nХвелалдегӏаги мун макьилъ йихьани.\nРехулел бомбаби, балеб гӏарада,\nГӏодосан кьвагьулел автомат-тункӏал,\nВачӏунев гьечӏилан гӏайибги чӏваге,\nГӏасияб рагъ буго гьаб Берлиналда.\nХариде, тӏогьоде гьури пулебдай,\nПулеметалъ дида накъищ хъвалелде,\nФорма ретӏун тӏаюс тӏохал сверулей,\nСверун немцазги ккун дунги рохьазда.\nРугъналги унтулги дий хӏалго гьечӏо,\nХӏалай бакӏлъун руго хъахӏилал берал,\nЧӏухӏдае хӏурулгӏин цӏаюцӏунаро,\nЦӏан риччан гъалалгун гъасда ятила.\nБоржун унеб хӏанчӏил хӏатӏида бухьун,\nСалам битӏаниги, жаваб бачӏинчӏо,\nБукӏайилан абе — кӏвар гьабиларо,\nКӏицӏул хвезегӏаги рижун гьечӏелъул."}
{"slug": "8487-fidel-kastro-kodov-vosarav-magiarulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8487-fidel-kastro-kodov-vosarav-magiarulav", "title": "Фидель Кастро “кодов восарав” магӏарулав", "date": "2020-06-08 06:54:54", "categories": ["bakikos"], "text": "Нужеда лъалищ Совет Союзалдаги Социалистияб Кубаялдаги гьоркьор цо заманалда хун рукӏарал дипломатиял бухьенал цӏидасанги лъикӏлъиялъе ккараб аслияб гӏилла?\nХваниги хадур гъезе гьечӏо, дицаго бицинчӏони.\n«Бахьикъосалъул» халкъазда гьоркьосеб отделалъул хасав мухбир Хӏамза аль Гъамсукь ибн Хӏабибил донесениялда рекъон, кӏикъого соналъ цеве, ай 1980 соналъул масковски Олимпиадаялде вачӏарав Кубаялъул Команданте Пидель Кастро Рус дандчӏван вуго Дагъистаналъул Игит, инсанияталъулго руччабазул ва тӏолабго дунялалъул хӏакимзабазул хӏасратав гьудул Абу — Хӏасан аль Чӏарадагун.\nЦӏар рагӏарав политик жанив чӏараб чӏухӏараб гостиницаялде чӏового инищха гьалбал хирияв аль Чӏарадаги, цадахъ ячун йиго цӏумур гӏадай мулатка Майсарат Гонсалес душ Сантос.\nКубаялъул цевехъанасе нилъерго гьаниса Игитас раччун арал цоги сайгъатазул (сушонни бакьаздаса байбихьун, щуго цӏва бугеб Кизляр — коньякалде щвезегӏан) бицинего бицинаро.\nАнкь Москваялда базе къасдгун нилъехъе къокъун вукӏарав цӏа гӏадав революционерас, гьеб кинабго нигӏмат бихьигун ва хӏалбихьигун, категорически инкар ккун буго Олимпиада лъугӏичӏого гӏагараб Кубаялде тӏад вуссине. «Игитасда аскӏоса дица кибниги гали бахъизе гьечӏо»,- ян чӏун вуго Эркенаб Чӏинкӏиллъиялъул чӏагояб Легенда! Дагьаб хутӏун буго международный гъалмагъир багъаризе, ай хабар тӏибитӏун буго Кубаялъул лидерас Совет Союзалда убежище гьарун бугилан…\nАбу-Хӏасаница гьеб моцӏида жаний чан Майсарат мистер Кастро Русил чӏухӏарал апартаментазухъе ккезаюраяли ва чан шишил бетӏер чӏинтӏизабурабали чӏванкъотӏун лъалев ва бицине кӏолев чи кӏиго вукӏун вуго — живго аль Чӏарадаги гостиницаялъул чӏегӏеркӏкӏубай горничная Элизабет Тейлорги.\nГьедизе, гьайгьай, кӏоларо, амма бицен букӏана гьеб дандчӏваялдаса хадур нахъеги чӏаголъанила Совет Союзалъулги Кубаялъулги дипломатиял гьоркьорлъаби ва кутакалда эхеде, высши уровеналде раханила гьел.\nГьединав вас вуго, нижер божарав гьудул ва дунялалъулго руччабазул любимчик, Абу- Хӏасан аль Чӏарада ибн Мухӏаммад."}
{"slug": "8491-khialalab-giumruyalda-giasrabatsa-khikhagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8491-khialalab-giumruyalda-giasrabatsa-khikhagi", "title": "Хӏалалаб гӏумруялда гӏасрабаца хьихьаги", "date": "2020-06-08 07:18:37", "categories": ["kultur"], "text": "Нилъеца къо лъикӏ гьабуна, баракат-рахӏматалъул моцӏилан жинда цӏар лъураб, хирияб Шагьру Рамазаналъулгун.\nАллагьас, нилъеца ккурал кӏалалги, бахъараб сахӏги, гьабураб гӏибадат-гӏамалги къабул гьабеги ва нилъ киналго кӏиябго рукъалъул талихӏ кьуразул мухъилъги ратаги.\nНилъ пашманго руго гьеб баракатаб моцӏ лъугӏиялдаса. Кинха пашманлъиларел, жужахӏалъул кавабиги къараб Алжаналъул кавабиги рагьараб моцӏалъулгун къо-лъикӏ гьабулеб мехалъ.\nНилъ рохунги руго гьеб моцӏалдаса, щайгурелъул, Тӏадегӏанав Аллагьасе гӏибадат гьабиялъги, таравихӏазул какал раялъги, кӏал кквеялъги, бусурбабазда гурхӏел-рахӏму гьабиялъги, нилъер чурхдулги рухӏалги мунагьаздаса рацӏцӏалъана, рухӏияб рахъалъ нилъ бечелъана. Гьеб моцӏалда жаниб нилъер ракӏал Тӏадегӏанав Аллагьасде цебеялде дандеккун цӏикӏкӏун гӏагарлъана ва гьелъ нилъее хадусеб гӏумруялъеги цӏияб къуват ва диналде рокьиги цӏикӏкӏинабуна.\nХадубккунги камилго гӏибадат гьабизе, къварилъиялда ругезе кумекалъулаб квер бегьизе, цоцада гьоркьор гьуинго рукӏине, ни- лъер рухӏиял церехъабазул малъа-хъваяздаса битӏун пайда босизе, Бетӏергьан Аллагьас ва Бичасул Расулас бихьизабухъе хьвадизе тавпикъ кьеги нилъее киназего! Амин!\nАссаламу гӏалайкум,\nДиналъул вацал-яцал,\nДуниялгун ахират\nАллагь разияб кьеял.\nХириял бусурбаби,\nИсламалъул жамагӏат,\nХалкъ бижарасул цӏобалъ\nЦӏунун даим хутӏаял.\nГӏидалъул баркатаб къо\nБаркула киназдаго,\nБичасул хӏукму батун,\nХӏакълъун нилъее щвараб.\nБайрамазда жанибги\nБищунго аслияблъун,\nИнсаният бохизе\nХаликъас нилъей тараб.\nНилъеца ккурал кӏалал\nАзариде рахаги,\nХирияв Къудратияс\nКъабулаллъун гьареги.\nРарал таравихӏалги\nВитру-ратибаталги,\nРорхатал зобалазда\nХассал нураллъун чӏаги.\nРахъаралщинал сахӏал\nСадакъа, сайгъат-салам,\nКъапмагӏарде бахараб\nКирилъун хъван батаги.\nСардал рорчӏун гьабураб\nЛъикӏаб гӏамал, гӏибадат,\nАлжаналъул рагьаби\nРагьулеблъун лъугьаги.\nШагьру Рамазаналъул\nЩибаб лахӏзат нилъее,\nНахъ буссун гьеб щвезегӏан,\nБакъул хинлъилъун чӏаги.\nРахӏматал гьарзаяб моцӏ\nЦӏидасан бачӏинегӏан,\nЧӏагояб рекӏел канлъи\nКиназего гӏамлъаги.\nАралъуб, сапаразда\nНилъер мурад тӏубаги,\nНух битӏун, ракӏал рохун,\nРокъоре тӏад руссаги.\nХъизан-лъимал, гӏагарлъи\nЛъикӏалда данде чӏваги,\nАнищабщинабги щун,\nЩукрудай камиллъаги.\n***\nКвешалщинал хабарал\nХалкъалдаса росаги,\nРагъ-кьал, жахӏда-хӏусуд ссун,\nСабруялъ байрахъ чӏваги.\nБетӏергьанас Дагъистан,\nДунял урхъараб хӏалалъ,\nХӏалалаб гӏумруялда\nГӏасрабаца хьихьаги.\nГьаб коронавирусги\nКватӏичӏого тӏагӏаги,\nТӏадегӏанав Аллагьги\nКиназдаго гурхӏаги."}
{"slug": "8492-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8492-sualal-zhavabal", "title": "СУАЛАЛ-ЖАВАБАЛ", "date": "2020-06-08 07:35:57", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат Шейхмухӏамад Гъазимухӏамадовас:\n«Дир росасул буго цее йикӏарай лъадуца гьабураб лъимер. Гьес гьелъие алименталги кьола. Нижерги буго цадахъаб лъимер. Гьединаб ахӏвал-хӏалалда рекъон, алиментазул къадар кин дагь гьабизе бегьулеб?»\n— Алиментазул роцен хисизаби бараб букӏуна кӏиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хӏалалда. РФялъул Хъизамалъулаб кодексалъул № 101 статьяялъул 2-абилеб пункталда рекъон, алиментазул роценалъул суал тӏубазе бегьула кӏиябго рахъ рекъон гьабураб къотӏи-къаялдалъун. Гьединаб куцалда масъала тӏубалеб гьечӏони, судалде хитӏаб гьабизе ккола.\nРФялъул Хъизамалъулаб кодексалъул № 119 статьяялда рекъон, алиментазул роценалъул хӏакъалъулъ гьабураб къотӏи-къай гьечӏони, судалъ гьелъул роцен чӏезабун хадубги, кӏиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хӏал хисун бугони, алиментазул чӏезабураб роцен, нужеца кьураб гӏарзаялда рекъон, судалъ дагь гьабизе бегьула. Амма санаде бахинчӏеб лъимадуе кьолел алиментазул роцен дагь гьабизе ккани, чара гьечӏого чӏезабизе ккола алиментал кьолесул рес гьечӏолъи.\n«Кӏиабилеб группаялъул инвалидасул ихтияр букӏунищ хӏалтӏизе?»\n— 1995 соналъул 24 ноябралда къабул гьабураб N181-ФЗ «О социальной защите инвалидов в Российской Федерации» абулеб Федералияб законалъул 23-абилеб статьяялда рекъон, хасаб программаялда бихьизабун буго, «хӏукуматалъул ва жалго бетӏергьанал чагӏазул идарабазда инвалидазе чӏезабула гьезухъа бажарулеб хӏалтӏи гьабиялъе данде кколел шартӏал» абун. Законалъ гьукъула, харжалъул, хӏалтӏул низамалъул, хӏухьбахъиялъул, гьединго щибаб соналъ букӏунеб харж цӏунулеб ва тӏаде кьолеб отпускабазул рахъалъ хӏалтӏул коллективазда яги гьезулгун гьарурал хӏалтӏулал къотӏи- къаязда, цогидал хӏалтӏухъабазда дандеккун, инвалидал батӏа гьаризе. Тӏубараб харжги цӏунун, I-себ ва II-леб группаялъул инвалидазе хӏалтӏул заман къокъ гьабураб, ай анкьида жаниб 34 сагӏаталдаса халат бахъинчӏеб букӏине ккола. Чӏезабуралдаса цӏикӏкӏараб заманаялъ яги гӏодоркъояз, гьединго къаси заманаялъ гьарулел хӏалтӏабазде гьезул разилъиги цӏехечӏого, инвалидал рачине бегьуларо. Инвалидазе букӏине ккола, 30 календарияб къоялдаса дагь гьечӏеб, харж цӏунараб щибаб сонилаб отпуск.\n2001 соналъул 30 декабралда къабул гьабураб РФялъул Захӏматалъулаб кодексалъул N197-ФЗялда 224-абилеб статьяялда абулеб буго, хӏалтӏи кьолесда тӏадаблъун гьабулила сакъатал чагӏи заралиял ва гӏумруялъе хӏинкъи бугел хӏалтӏаби тӏуразаризе тӏамизе бегьуларин. Хӏалтӏул заманалдасан гьезие чӏезабизе ккола хӏухьбахъиялъе перерыв, гьединго гьезул сахлъиялда данде кколел хӏалтӏул шартӏал. Хӏасил-калам, РФялъул Захӏматалъулаб законалда рекъон, гӏажизав чиясул ихтияр букӏуна данде кколеб хӏалтӏи гьабизе.\n«Гӏарац щванин абулеб расписка кин битӏун гӏуцӏизе-хъвазе кколеб, гьеб документалдехун кинал тӏалабал рукӏунел?»\n— Гӏарац босулес гьеб босиялъул хӏакъалъулъ жиндирго квералъ расписка хъвала. Гьеб документалда букӏине ккола «Расписка» абун цӏар, гьелда бихьизабула гьеб хъвараб бакӏ ва къо-моцӏ, гьединго гӏарац кьурав ва босарав чиясул паспорталъулал баянал, гӏарцул къадар ва гьеб тӏад буссинабизе чӏезабураб заман.\n«Дун лъагӏелалъ вичарухъанлъун тукада хӏалтӏулев вукӏана. Хӏалтӏуде вачӏинчӏогоян, анкьалъ цеве дун хӏалтӏудаса рехана. Дие рес букӏинчӏо, щайгурелъул сапаралъ ун вукӏана, гьениб дир телефонги билана. Директорасул лъазабиги дихъе щвечӏо, график хисун букӏинги дида лъачӏо. Дида бугеб гӏайиб щиб?»\n— РФялъул Захӏматалъул кодексалъул 81-абилеб статьяялъул тӏоцебесеб бутӏаялъул анлъабилеб «а» пункталда рекъон, хӏалтӏудаса рехизе бегьула мун тӏубараб хӏалтӏул къоялъ яги тӏатӏалаго ункъо сагӏаталъ хӏалтӏулеб бакӏалда камун вугони.\nАмма, хӏалтӏул график хисун букӏин дуда лъан батичӏони, ай кколеб къагӏидаялда гьеб дуда лъазабун батичӏони, хӏалтӏуда мун ками, прогуллъун рикӏкӏине бегьуларо. Гъоркь дур букӏараб хъулухъалде тӏад вуссун тӏамеян судалде гӏарза хъвалеб бугони, дуца хӏужабаздалъун чӏезабизе ккола дур телефон билун букӏинги, кӏвар бугеб гӏилла ккун сапаралде ине ккейги, директорасул дургун бухьен букӏинчӏолъиги. Хӏалтӏул низамалъул график бихьизабун букӏуна захӏматалъул къотӏи-къаялда, хӏалтӏуда дудаса тӏалаб гьарулел низамазулгун лъай-хъвай гьабиялъул хӏужа ккола къотӏи-къаялда гъоркь гьабураб дур гъулбас.\n«Къого сон унеб буго гӏумру гьабун дун Германиялда йигелдаса. Россиялда руго дир вацги яцги. Германияда дица гьитӏинабго квартира босана. Бокьун буго гьеб гьезие ирсалъе тезе. Гӏакълу кье, гьезие ирсалъе квартира кьолеб бугилан васиятищ хъвалеб яги цоги лъикӏаб къагӏидайищ букӏунеб?»\n— Гьайгьай, дур ихтияр буго бокьарав чиясе ирсалъе квартира кьезе. Гьелъул хъвай-хъвагӏай бокьани Германиялда, бокьани Россиялда гьабизе бегьула, документ законияблъун рикӏкӏуна. Амма васият хъваялъул низам букӏине ккола ФРГялъул законалда данде кколеб: дуца гьеб хъвазе бегьула кагътида квералъ яги нотариусалде хитӏаб гьабун. Лъикӏаб букӏина кӏиабилеб къагӏида тӏаса бищани, щайгурелъул нотариусалъ хъвараб васияталъул хъвай-хъвагӏай гьабула васиятазул Бетӏераб (Централияб) регистралда. Гьедин хъвай-хъвагӏай гьабураб васият ккола дур вацги яцги жалго бетӏергьанал чагӏазул тӏехьалде росиялъе гӏураб кьучӏ. Улка бахъун къватӏиб ирс кьеялъе квералъ хъвараб васият бугони, судалде хитӏабги гьабун, дур гӏагарал чагӏаз гӏуцӏизе ккола жидер ирсалъулаб ихтияр бугин абураб свидетельство. Россиялда васият хъвалеб бугони, нотариусалда тасдикъ гьабула дуца гӏуцӏараб документ.\n«Эбелалъ васасе квартира сайгъат гьабулеб буго. Дагӏба букӏунареб хӏалалъ, кин гьелъул хъвай- хъвагӏай гьабизе кколеб? Гьелда хъвазе бегьулищ эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьулин абулеб шартӏ?»\n— Эбелалдаги васасдаги гьоркьоб гьабизе ккола квартира сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъ къотӏи-къай. Гьеб чара гьечӏого нотариусалда тасдикъ гьабизе кколаро. РФялъул Гражданлъиялъулаб кодексалъул 572 статьяялъул тӏоцебесеб пункталда рекъон, сайгъат гьабулаго, гьеб кьолев чиясухъа кинабгӏаги шартӏ тӏалаб гьабизе бегьуларо, гьелда «безвозмездная сделка» абула. Гьединлъидал, сайгъат гьабураб къотӏи- къаялда «Эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьула» абулеб шартӏ хъвазе бегьуларо."}
{"slug": "8493-giadanl-iyal-ul-rakh-betstsarab-gechiishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8493-giadanl-iyal-ul-rakh-betstsarab-gechiishch", "title": "Гӏаданлъиялъул рахъ беццараб гьечӏищ?", "date": "2020-06-08 07:45:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "К о р о н а в и р у с г у н къеркьолаго, къадаралде щварал тохтурзаби ракӏалде щвеялъе монумент рагьани, лъикӏаб букӏинин абураб пикру загьир гьабуна гьал къоязда республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб Жамгӏияб Советалъ.\nГьединаб гьаригун республикаялъул ва тахшагьаралъул нухмалъулезул цӏаралда рагьараб кагъат хъван буго гьез. Монумент эхетизе лъикӏаблъун бихьизабун буго Махӏачхъалаялда Медицинаялъул Академиялда сверухъ бугеб ахикь.\nАмма гьеб Жамгӏияб Советалъул вакил, гӏемерал соназ республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительлъун хӏалтӏарав Гӏабдула Хӏажиев тӏуванго рази гьечӏо гьеб пикруялда. Хъата-масан памятник базе гӏедегӏичӏого, гьелда цере гьаризе кколел чанги кӏвар бугел ишал ругин бицана гьес «Хӏакъикъаталъе».\n«Гьеб памятник баялда данде чӏарав чи дун гуро, — ян абуна Хӏажиевас. — Гьезул бахӏарчилъиялъулги къо- хӏехьеялъулги мисаллъун букӏина гьеб гӏун бачӏунеб гӏелалъе. Амма цин лъикӏ букӏина хварал тохтурзабазул къадар мухӏкан гьабуни.\nГьеб цо.\nКӏиабизе бугони, гьел хварал тохтурзабазул гӏагарлъиялда зигараги базе рекъараб букӏина.\nГьединго хваразул нахъе хутӏарал бесдалал щал ругел, гьезие кинаб квачӏакълъи бугеб абун, материалияб рахъалъ батаниги, гӏаданлъиялъул рахъалдаса батаниги, кумек гьабуниги лъикӏ. Гьединаб тартиб букӏине ккола гьарулел тадбиразул, бищун цебе гьабизе кколеб иш гьеб буго, памятниказул бицине рортичӏого.\nТохтур хӏисабалдаги гӏадан хӏисабалдаги гьединаб пикру буго дир. Гӏурусазул кици буго, чода цебе гьоко балеб гӏадат гьечӏилан. Гьелда релълъунеб буго памятник баялъул ишги».\nЖамгӏияб Советалъул вакиллъун кканиги, гьеб суал Хӏажиевасда данд бан гьечӏоан Советалъул цогидал вакилзабаз.\nКарантин лъазабуралдаса, цере гӏадин, данделъизе санагӏат гьечӏелъул гьанже.\nКоронавирусалъул инфекциягун къеркьолаго, республикаялда кинавниги 40 тохтур гӏумруялдаса ватӏалъанилан бицана 17 маялда ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас политолог Руслан Къурбановасул инстаграмалдасан гьабураб чӏагояб эфиралдасан.\nЖакъа къоялде щвезегӏан гьеб сияхӏ чан чиясдалъун цӏилъарабали мухӏканлъизабулеб буго."}
{"slug": "8595-kurul-an-chvakhuleb-chabkhil-itstsul-sas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8595-kurul-an-chvakhuleb-chabkhil-itstsul-sas", "title": "Кьурулъан чвахулеб чабхил иццул сас", "date": "2020-06-14 07:50:52", "categories": ["magiarukh"], "text": "Кьилимагӏарде гьабураб сапаралъул ялъуни, кьурул сирталги квегъун, магӏарде лъим бачараб куцалъул хӏакъалъулъ репортаж.\nЖакъа бицине буго бацӏцӏадаб магӏарухълъи гъорлъ бессараб сапаралъул хӏакъалъулъ. Коронавирусалъул цо рагӏи гъорлъ букӏине гьечӏо гьаб макъалаялда. Гӏела, чӏалгӏана, бадиса баккана «коронаги, пандемияги, карантинги», авалги-ахирги биларал гӏорхъичӏваял лъазабурал къоялги. Тӏокӏаб бицине жойищ нилъер гьечӏеб? Кигӏан бокьаниги буго. Доб лъималазул кочӏолъ гӏадин: «Бакъ щун, щоб ккун, щобда гӏачи гӏергӏедун, гӏодор бачал мимидун» буго росабалъ гӏумру. Кьилимегӏералъул аххалъуда буго дир Гьонода росу. Гьеб бихьула росдал бокьараб авалалде рилълъун хал гьабуниги. Я свак, я макьу лъаларев залимав нартав гӏадин буго гьеб гӏасрабаз эхетун. Щай дица хас гьабун гьеб мегӏералъул бицунеб бугеб? Гьенибе сапар бухьун букӏана гьал къоязда. Цадахъ вукӏана анцӏила щугониги чиги. Гьонода росдал бегавул Гӏамирханил Мухӏамадил (Хӏажиев Мухӏамад) бетӏерлъиялда гъоркь рахъун рукӏана ниж къватӏире.\nКьилимагӏардаса гӏодобе чвахулеб иццул лъим, жамагӏаталъул боцӏуца гьекъезе, магӏарде бачине хӏукму ккана гьесул.\nКьилимагӏарде рахунеб\nсухъмахънухлул балъголъаби\nРогьалил как ахӏарабго къватӏире рахъана ниж. Мугӏрул карандаса эхеде, гъуждузда баччун шлангазул гуригун ххаризе, узухъда, бигьаго букӏинчӏо. Амма гьеб букӏана захӏматаб нухлул байбихьиялъул гӏицӏго цо бутӏа.\nКьилимагӏарде щвезе ккани, цин бахине ккола гьелда гъоркьа бугеб гъваридаб кӏкӏалахъан унеб сухъмахънух. Щибаб соналъ гьениса уна риидалил мучӏдузде гӏи-боцӏи. Боцӏи гебегун ине бегьулел гӏадал хӏинкъарал бакӏалги рукӏун, гъоркьиса жамагӏаталъул чанго чиги ун, кӏварабгӏан гӏатӏид гьабун букӏана гьеб нух. Кӏкӏаламухъ цӏун буго Кьилимагӏардаса гирун бачӏараб гьецӏо-гъегъалъул. Бащдаб нухги тун, кӏкӏалал гъварилъуде щварабго, рагӏизе бегьула ганчӏазда гъоркьан чвахулеб лъарал хъуди. Абула гьеб лъар Кьилимегӏералъул тӏогьиса чвахулеб лъедасан лъугьараб бугилан.\nГъоба гъоркьа бихьула Шамил районалъул Гъогъолъ росу. Кӏкӏалахъан ххарун, гъоркьа тӏаде рачӏунаго, батула гӏисинрохьалъ бахчараб мугӏрул габурлъи гӏадаб бакӏ. Цӏакъ берцинал махигъутӏбуз берцин гьабун буго залимаб кьурул хӏатӏааххалъи. Рохьил расалъудасан унаго батула цӏакъ цӏорораб ицц. Гьелдаса цӏорораб мугӏрул иццул лъим дица жеги гьекъечӏо. Чанго нухалда хӏухьбахъиги гьабун, ахирги ниж рахана Ражихотӏа абун цӏар бугеб майданалъул рагӏалде. Гьениб къайиги чӏван, щибаб соналъ бугъбузе вехьлъи гьабун рукӏуна, тӏадехун бицен гьабураб Гъогъолъ росулъа гӏолохъаби.\nКьижун букӏараб ицц борчӏизабуна\nРажихотӏе ниж щвараб мехалъги чӏегӏерал накӏкӏал рукӏана тӏад роржанхъулел. Квана-гъанан хадуб нахъойги нухда рахъана. Кьилимегӏералъул залимал парсал рихьулел рукӏана, квер гӏунтӏани, аскӏоре щолилан ккараб манзилалда гӏагарлъухъ. Амма гьенире рахине ккани, жеги микьабилебги гӏетӏ тӏезе ккола, хасго тӏоцебе гьенибе гьабулеб сапар бугони.\nНухда нижеда ратулел рукӏана тӏела-тӏелал гьарун кваналел, Ражихотӏа рукӏарал бугъби. Рииялда жаниб чанго нух бала гьез Кьилимегӏералъул парсахъе, гьениб гьарзаго бижараб херги, бакъ багӏаридал регизе гьогьомал нохъалги руго. Ражихотӏе ритӏарал бугъби лъикӏго кьаралъун рачӏунин, разиго рукӏуна гьезул бетӏергьаби, амма рагъулаго кьурулъа гъоркье рехун гьел хварал хӏужабиги камуларо.\nУнкъабилеб парсида тӏаса буго залимаб цоги кьурул гӏус. Дидаги абулеб батараб цоги цӏар буго гьелда Тӏасарокьбия абун. Тӏасарокьбиятӏе тӏаде ине ккани, мун ххаризе ккола битӏахъе кьурул карандаса эхеде, болъо-къоно гӏадин лъугьараб, хӏинкъараб сухъмахънухалъ. Хӏинкъарабилан кканиги, гьедин цӏакъго захӏматаб нух гьечӏин гьенибейилан абула гьенире рахараз. Гьениб тӏаса буго Шамил имамас бан букӏараб гьитӏинабго мажгиталъул хутӏелги.\nГъугъдулъан бецӏцӏулеб\nгьацӏул гахӏ бугеб\nБуцрал лъим гьекъезе\nкъечоларищ нуж?\nТӏасарокьбиялда цебе буго нижеца лъим бачараб иццги. Гьелда абула Буцрал иццилан. Жаниб хӏариги ккун гьитӏинлъун батана нижеда гьеб. Жаниса бацӏцӏадги гьабун, тӏокӏкӏараб гьелъул лъеда хӏохьбайдал, цаби цӏунцӏудизе гьаруна цӏороялъ.\n«Гьадин гӏадада кьурулъе бецӏцӏулеб букӏинегӏан, мун, мацӏ лъалареб боцӏул къеч хьезабулеб гъоба гъоркьа лъикӏ», -илан тамахго кӏалги гьикъун, шлангалъул кӏал иццул хӏоринибе ккезабуна Гӏамирханил Мухӏамадица. Кьурул квенчӏелидаса гъоркьеги бачун, шлангазул гури ана парсихъа гъоркье биччан.\nЛъабабилеб парсихъан добехун гьеб цӏазе хӏадурго чӏун рукӏана гӏолохъабазул цоги къокъа. Халатаб манзилалъ цӏазе ккана гьел росдал магӏарде тӏаде ралагьараб бакӏалде щвезегӏан. Кьурул карандеги рахун лъим бачунел нижеда тӏад тӏавап гьабулел рукӏана цӏумал. Гъоркьа гӏисинал тӏанкӏазде сверун рихьулаан гӏалахалда кваналеб гӏи-боцӏи. Будунас ахӏулеб какил гьаракь гӏажаибго роцӏцӏун рагӏулеб букӏана мугӏрул тӏогьибе.\nКъаде кваназе гӏодор чӏараб мехалъ чӏей букӏинчӏо бегавуласухъе кӏалъан рачӏунел чагӏазул. Тӏоцеве кӏалъан вачӏана гьесул инсулго вукӏарав, цӏакъ гьесие къиматав гьобол, Гъогъолъ гӏумру гьабун вугев Гӏабдалилмухӏамадил Ахӏмад. Гьесул умумул ккола Кӏуядаса. Сверухъ ругел росабалъ, хасго нижер Гьонодаги, кӏудияб къимат буго гьесул. «Кьилимагӏардеги вахун, лъим гъоркье бачарав чи цохӏо мун гурони ккечӏо», -ян велъулев рагӏулаан гьев, видеобухьеналдасан кӏалъалелъул.\nАмма гьесул каламалда жаниб разилъиги бихьулеб букӏана. Гьесдасаги цӏакъ разиго вукӏана дун гьеб сапаралдаса. Дида киданиги ракӏалде ккелароан ралъдал гьумералдаса 2425 метралъ борхалъуда бугеб кьурулъеги вахун, шлангаз гьениса гъоркье лъим бахъулеб гвавулъе ккелилан. 1500 метралъул манзилалда кьурулъа гӏодобеги бачун, гӏансигӏан цӏорораб иццул лъим боцӏи кваналел мучӏдузде чвахизабуна росдал бегавул Гӏамирханил Мухӏамадил хӏаракаталдалъун.\nИсана кӏиябго сон буго гьев росдае нухмалъи гьабизе ккаралдаса. Гьеб кӏиябго лъагӏалида жаниб чанги пайдаяб хӏалтӏиги гьабуна жамагӏаталъе. Росулъ машина хьвадулел шагьранухазде бетон тӏеялдаса байбихьана гьес жиндирго хӏаракатчилъи. Къокъабго заманалда жаниб лъабго миллионалъул багьаяб бульдозерги бакӏарана росулъе. Турун рукӏарал токалъул хӏубалги хисана, цӏияб токалъул трансформаторги лъуна чанго авалалде ток бикьулеб бакӏалда. Гьанже росдал лъел мухъ кьучӏдасанго хисизе хӏадурлъи гьабулевги вуго. Гьединго шагьранухдаса росулъе щвезегӏан бугеб 5 километралъул манзилалда хъил тӏезе ресал ралагьулевги вуго. Гьеб кинабго хӏалтӏи буго 25-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ хъулухъалда рукӏаниги, гьесда цере рукӏаразухъа гьабун бажаричӏеб, кӏиго лъагӏалида жаниб гьес гьабураб жигарчилъи. Гьев гурев батӏияв чи Кьилимагӏарде лъеда хадув вахине вукӏиналдаги кӏудияб щаклъи буго дир. Амма гьев вахана.\nЖамагӏаталъул газа кьурда рекӏунилан цӏакъ щулияб кици буго умумузул. Гьеб ритӏухъ гьабуна Мухӏамадицаги Кьилимегӏералъул тӏогьивеги вахун."}
{"slug": "8596-khvelgi-vagiza-bugo-busurmanchiyase", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8596-khvelgi-vagiza-bugo-busurmanchiyase", "title": "Хвелги вагӏза буго бусурманчиясе", "date": "2020-06-14 08:03:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул Динияб идараялъ баркала загьир гьабуна гӏидалъул къоялъ халкъ къватӏибе бахъинчӏого чӏаралъухъ. Рокъоса къватӏире рахъунгеян гӏадамазда гьарулеб бугелдаса кӏиго моцӏидасаги цӏикӏкӏун заманги бана. Амма гӏемерисез гьеб гьариялъул сан гьабичӏо. Сордо-къо батӏа гьабичӏого добе-гьанибе женжелеб букӏана халкъ. Гьелъул кинаб хӏасил ккарабали гьаниб такрар гьабиларо. Хваразулги захӏматго унтаразулги хӏакъалъулъ баян кьечӏеб номер букӏинчӏо нужеца гьабсагӏат цӏалулеб газеталъулги.\nГьебго ахӏвал-хӏал буго жакъаги. Хасго Каспийскиялдагун Махӏачхъалаялда гьоркьоб бугеб нух рагьаралдаса тӏубанго чӏаголъана шагьаралда гӏумру. РФялъул Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ, ахӏвал-хӏал лъаледухъ лъикӏаб рахъалде хисанин абуниги, гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьабизе гӏедегӏугеян абуна гьал къоязда. Цо ккураб къагӏидаялъ, малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун магӏарухъ ругин абизе бегьула гӏадамал, тадбиралда хадурги рилъун. Магӏирукъалги къана, хабадеги хьвадичӏо, рузманалдеги инчӏо. Хасго гьеб тадбир буголъи загьирлъана кӏалбиччанкъо тӏаде щварабго.\nГьанже щайха ал малъарабги гьабун рокъор чӏарал? «Цӏикӏкӏарални киса гурони раккулел, цониги лъимер бихьичӏо жакъа къватӏиб», -илан бицунеб рагӏулаан руччабаз, кӏалбичанкъоялъул бакъаниде. Гьел божун рукӏинчӏо, гӏакълу гьечӏел лъимал кодор къучӏбигун жидехъе раккиларин абураб харбида. Гьелъ чангиял цереккунго хӏадурун рукӏана гьезие кьезе сайигъат-саламги къачӏан. Амма гӏадада ккана гьезул бакъвараб хӏаракат. Исанасеб кӏалбиччанкъоялъул аслиял «герояллъун» лъимал гурел, рукӏана телефоналгун гаджеталги, ватцапги, инстаграмгун телеграмги. Рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан гӏидалъул къо баркун цоцазде кӏалъалел, аза-азар рисалатал ритӏулеб хутӏана гӏалам. «Гьадинабги заман бачӏинилан цо анцӏго соналъ цебе бицун букӏарабани, щивдай божилаан?» Гьеле киназго цоцазда абулеб букӏараб калам.\nСунцаха халкъ кантӏизабураб? Гьеб суалалда тӏасан жидерго пикраби гьадин загьир гьаруна нижер редакциялъе экспертаз.\nКватӏун бачӏараб кантӏи\nХалил Халилов, ДРялъул Экономикаялъул министерствоялда цебе бугеб Жамгӏияб советалъул вакил:\n«Карантиналъул низамалъул бицунел, Роспотребнадзоралъ рихьизарурал тӏалабазул хӏакъалъулъ документал хӏадур гьаричӏо хӏакимзабаз. Гьеб хурхараб букӏине кколаан, сапараздаса руссунел гӏадамазда аскӏоре къагейин, бертабазде, тагӏзиятазде унгейин ва гьел гурел цогидалги малъа-хъваязда. Гьединал тӏалабал рукӏинчӏин гьезулин абиларо, рукӏана, амма кьварарал тадбирал гьаричӏо. Гьеб куцалда кӏиго-лъабго моцӏида жаниб эпидемия киса-кибего тӏибитӏана ва гьелъул гӏорхъолъа рорчӏарал хӏасилал рихьарабго гурони халкъги кантӏичӏо. Цоцада аскӏоре ине жалго жидецаго гьукъани гурони, гьаб гӏузру тӏагӏунарилан абураб пикру щулалъана гьезул ботӏролъ. Гьелдаса хадуб гӏадамал рокъор чӏана, бертабалъеги инчӏо, гьоболлъухъеги хьвадичӏо, тагӏзияталги къана».\nТохтурзабиги божулел рукӏинчӏо\nГӏабдула Хӏажиев: Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб Жамгӏияб советалъул вакил.\n«Кӏиго моцӏалъ, гьанжего гьанже гьаб гӏузру республикаялда тӏибитӏизе байбихьарабго, цо чӏванкъотӏараб, кьучӏаб пикру букӏинчӏо гӏадамазул гьелда тӏасан. Гӏемерисел божулел рукӏинчӏо гьеб унти хӏакъикъаталдаги хӏинкъи цӏикӏкӏараб, цӏодорлъи гьабизе кколеб букӏиналда. Цо-цо тохтурзаби байбихьуда божулел рукӏинчӏо гьелда. Гьарулел тадбиразулги букӏинчӏо цо кьварараб низам. Гьелъги хутӏа-хутӏарабги вас-васалъе ккезабуна халкъ. Сон кӏалъан вачӏана дирго цо гьудул-гьалмагъ. Больницаялда вугин вегунилан бицана. Вахӏ, щибин ккарабилан гьикъидал, бицана кӏиго моцӏалъ рокъоса къватӏире рахъинчӏогоги чӏун, анкьалъ цее гӏадин базаралде арай чӏужу ячӏанила унтиги босун рокъое. Гьеле гьединги кколеб бугоха, кигӏан цӏуна-къай гьабулелилан рукӏаниги дагьаб жо гӏолеб буго унти бахине.\nАхирги бичӏчӏанаха гӏадамазда, жалго жидецаго цӏуничӏони, лъицаниги мун цӏунуларевлъи. Гӏидалъул къоялъ умумузул хабаде зияраталъ инчӏогоги, хирияб къо баркун гьоболлъухъе хьвадичӏого чӏолеб букӏинчӏеб халкъ кантӏана муфтиясул хитӏабалдаса хадуб ва исана гьел рокъор чӏана. Рокъор чӏана гӏемераб жоялъ кантӏизарун. Хӏадисалда буго, хвелги гьеб вагӏза бугин бусурбанчиясейилан. Анцӏ-анцӏккун, къо-къоккун гӏадамал холел ругеблъи бихьараб мехалъ, чи кантӏичӏого вукӏинищ?»"}
{"slug": "8597-nakh-egi-giorkh-idul-sual", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8597-nakh-egi-giorkh-idul-sual", "title": "Нахъеги гӏорхъидул суал", "date": "2020-06-14 12:20:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда нахъеги хабар ккана Гумбет районалдасан унеб Чачан республикаялъулгун гӏорхъода тӏасан.\nАбулеб букӏана рачӏун гьенирегун чачаназ жидерго бакӏ бихьизабулел игӏланал чӏван ратанилан. Гьелъ цӏидасан хъуй бахъана интернеталда. Цо-цояз гьеб хабар миллатчилъиялдецин сверизабизехъин букӏана.\nАмма Гумбет районалдасан щвараб баяналда рекъон, игӏланал гурел, гьадинго тӏилал чӏван рукӏун руго гьенир. Гьанже нахъе рахъунги руго.\nРайоналъул бетӏерасул заместитель Малик Маликовас «Хӏакъикъаталъе» бицана интернеталда хъвалеб куцалда хӏалуцунги гьечӏила гьеб суалалда сверухъ ахӏвал-хӏал, гьабсагӏаталда кӏиябго республикаялъул нухмалъулез тӏубазабулебги бугила гьеб.\nБицен гьабулеб гӏурхъи буго мелъелтӏисез гӏи-боцӏи кваназабулеб мегӏер-гӏалахалда.\nГьеб росулъа гӏадамаз газеталъе кьураб баяналда рекъон, гьениб буго 160 гектар. Гьединлъидал, гӏорхъи чӏван хадуб, жал гьел ракьаздаса махӏрумлъилин абураб хӏинкъи буго гӏадамазул.\nУмумузул заманалдасанго цин жидеца, цин чачаназ хӏалтӏизарулел ракьал рукӏанин гьелиланги тасдикъ гьабуна мелъелтӏисез. Амма киданиги кӏиябго миллаталда гьоркьоб дагӏбаги ккун букӏинчӏила ракьазда хурхун.\nГьеб суалалда тӏасан 3 июналда инстаграмалда хъвай-хъвагӏай гьабуна ЧРялъул парламенталъул спикер Мухӏамад Давудовас. Жидее чияр ракьал хӏажат гьечӏинги абулаго, гьес бичӏчӏизабулеб буго гьеб ракь жидер букӏиналъе нугӏлъи гьабулел, советияб заманалдаго рахъарал картаби ругиланги.\nМухӏамад Давудовас ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасде хитӏаб гьабуна, рачӏайин, нилъ гӏорхъабазул суалалде тӏад руссинеянги."}
{"slug": "8598-insan-fondal-e-medal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8598-insan-fondal-e-medal", "title": "«Инсан» фондалъе – медаль", "date": "2020-06-14 12:26:35", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Микьабилеб июналда кӏодо гьабуна Социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъанасул къо. Гьелда бан, Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ шапакъатал кьуна рехсараб хъулухъалъул бищунго лъикӏал хӏалтӏухъабазе. Кьуна шапакъаталгун сайгъатал гурхӏел-рахӏмуялъулал фондазеги.\nРеспубликаялда коронавирусалъул инфекция тӏибитӏулеб заманалда халкъалъе кумекалъе эхетана «Инсан» фондалъул хӏаракатчагӏи. Гьез щвезаруна ресукъал хъизамазе кванил нигӏматалги дарабиги. Фондалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Ахӏмадовасе кьуна «Борч ва намус» («Долг и честь») абураб медаль – социалияб жигарчилъиялъухъ ва инсан вокьи куцаялъухъ.\nШапакъат кьолаго, Махӏачхъала шагьаралъул Херазул советалъул председатель, Ветераназул советалъул президиумалъул член Гӏабдулмутӏалиб Хӏамзатовас гьадин абуна: «Инсан» фонд буго Северияб Кавказалдаго бищун кӏудияб социалияб рахъалде гьетӏи бугеб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул жигарчагӏаз кумек гьабула Россиялъул батӏи-батӏиял субъектазда гӏумру гьабулел ресукъал хъизамазе. Дагъистанияз кӏудияб баркала кьолеб буго Мухӏамадрасул Ахӏмадовасеги гьесул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел гӏолилазеги – республикаялъе захӏматаб заманалда кумекалъул квер бегьаралъухъ, жамгӏияталъул социалиял масъалабазде кӏваркьеялъухъ, нужер махщелчилъиялъухъ», -ан.\n«Баркала. Ниж цӏакъ рохана «Инсаналъул» хӏаракаталъухъ медаль кьеялдаса. Гьайгьай, гьеб нижеца къабул гьабула дагъистаниязул божилъи хӏисабалда ва, Дагъистаналъеги дагъистаниязеги лъикӏлъи гьабиялъул мурадалда, жеги лъикӏ хӏалтӏизе хӏаракат бахъила», -ян абуна Мухӏамадрасул Ахӏмадовас."}
{"slug": "8599-kunchiana-giali-khiazhil-tsiva", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8599-kunchiana-giali-khiazhil-tsiva", "title": "Кунчӏана Гӏали-хӏажил цӏва", "date": "2020-06-14 12:33:55", "categories": ["lit"], "text": "Гьале дида цебе буго Лъаратӏа районалъул Тӏадиял росулъа Мухӏамадов Гӏали-хӏажил «Анкьракьалъул накъищал» абураб кучӏдуздасан ва харбаздасан гӏуцӏараб тӏехь. Цӏалана байбихьудаса лъугӏизегӏан, тӏаса вичӏичӏого.\nШагӏир хӏисабалда лъикӏ хъван ругин, амма къимат кьезе жеги цудунго бугин ккана ракӏалде. Хадуб эбелалде гьабураб кечӏ цӏалидал, пикру гьабуна, авторас гьаб кечӏ дирги эбелалъул хӏакъалъулъ хъван бугилан.\nДида мун йихьула хурул ракьанда,\nНадалда гӏетӏ барай,\nгӏодойги кӏусун;\nРахъ-рахъалде арал\nлъималахъ урхъун,\nРосулъе бачӏунеб нухде ялагьун.\nДидаги йихьун йикӏана дирго эбел, багӏарараб къоялъ колхозалъул хурий юхъарилей ва свакаялъ, гӏодоб газаги речӏчӏун, накабаздаги чӏун, зодоре квералги ритӏун, армиялда цояв лётчиклъун, цояв гамихъанлъун ругел васазда гурхӏа, гьел цӏунеян Аллагьасда гьарделей, ахӏи балей, зодоса гъоркье вортани васасул рукьбийищ кодоре щвелел, ралъдалъе вортани, кӏудияв васасул, ралъдал жанавараз кванан, кодобе щибха щвелебан ракӏ унтун гӏодилей. Цадахъ гӏодилев, «гӏодугежиха бабаааа!» — йилан вукӏана гьитӏинав чи дунги. Дихъа щай бажаричӏеб гьеб эбелалъул сипат кочӏолъ лъунан ккана ракӏалде. Ахирисеб куплетги дир рекӏелъа босун бугилан тана:\nДида мун йихьула, хирияй эбел,\nХвалида кӏвечӏо мун дихъа яхъизе,\nХарилъ тӏерхьун зани,\nгӏекколеб дир ракӏ,\nДандчӏвалин, хирияй, ахираталда.\nХадусел кучӏдуздасан бихьулеб буго кинаб ракӏбакъвайгун, щокъроб чӏараб къварилъиялъул гӏомогун, шагӏирас гӏагараб ракьалъулги гӏагараб мацӏалъулги ургъел гьабулеб бугебали.\nМагӏарул мацӏгин цӏар\nкӏочене тани,\nКӏудияб щвеларищ нилъее рогьо?\nЩибдай къачӏан бугеб\nкъисматалъ метер\nКъоло цоабилеб къарнуялъ нилъей?\nШагӏирасул рекӏелъ абадиялъе бикӏун буго, гьитӏинаб мехалъ ва хадубги жив хӏайран гьавураб гӏагараб тӏабигӏаталъул сурат. Гьесда гьеб сурат нилъедаги бихьизабизе ратулел руго хӏикматал рагӏаби, магӏарул мацӏалъул гӏорхъи-рахъ гьечӏел ресал.\nЦӏорол гъаталъукьа\nрорчӏун, чӏаголъун,\nХъахӏлъаразул буго\nбатӏияб бакъан.\nБакъул хинал чӏорахъ\nгӏащикъал маккал,\nТӏохрагӏалда руго\nгъургъур бачунел.\nШагӏирас цӏалдолел ахӏулел руго щибаб къо гӏадада биччачӏого, щибаб лахӏзаталъулъ пайдаяб иш гьабизе ва гӏумруялъул щибаб лахӏзат Аллагьас кьураб гьайбатаб сайгъатлъун къабул гьабизе, гӏумруялдаса рази вукӏине.\nИнсул зонохъе щвана,\nУнтарахъе ваккана,\nКакал гӏуждаго рана, —\nДир къо гӏадада инчӏо.\n***\nБажарараб гьабуна,\nРес рекъечӏеб хутӏана,\nБугелда гӏей гьабуна, —\nДир къо гӏадада инчӏо.\nГьанже заманалъул шагӏир хутӏулев ватиларо, гьанже заманалъеги, тӏадчагӏазеги къимат кьечӏого, гьезда хӏакъаб рагӏи абичӏого. Абулеб буго гьеб Гӏалихӏажицаги, умумуз абухъе, «бадисан баккилеб хӏалалъ»:\nКечӏ магӏий сверараб,\nхьулал хӏорлъараб,\nХӏасрат боцӏудехун\nбергьараб заман.\nХӏаким залимлъараб,\nзулму тӏегьараб,\nМун кидал лъугӏулеб,\nхӏиллаяб заман?\nТӏокӏабги мухӏканго кинха абилеб?!\nЦӏакъ лъикӏ, цогидазда абизе лъачӏеб куцалъ рагӏи абизе, жиндирго асар загьир гьабизе нух батун буго шагӏирасда лирикиял кучӏдузулъги.\nГӏенекке цо «Дур цӏар» абураб кочӏохъ:\nМун гӏадин берцинаб\nтӏегь бугебани,\nЦӏар дур букӏинаан гьелде ахӏулеб,\nМун гӏадин кунчӏараб\nнур бугебани,\nЦӏар дур букӏинаан гьелде абулеб.\nМун гӏадин гвангъараб\nцӏва бугебани,\nЦӏар дур букӏинаан\nгьелда батараб.\nМун гӏадин бацӏцӏадаб\nицц бугебани,\nЦӏар дур букӏинаан\nгьелда ругьунаб.\nМун гӏадин гьайбатай\nяс йигейани,\nЦӏар дур букӏинан долде абулеб.\nМун гӏадинай тӏокӏалъ\nйижун гьечӏелъул,\nГьеб цӏар цохӏо дуде щурула дица…\nЯги «Дунги мунги» абураб кочӏол цохӏо куплет:\nДунги мунги цо гъасда,\nЦолъун ракӏал кунчӏарал,\nДунги мунги цо рокъор,\nКъватӏиб дунял кӏочарал.\nДие хинаб асар гьабулеб буго, гӏолохъанлъиялъул асар ракӏалдеги щвезабун, херлъараб ракӏалда кунчӏи чӏвазабулеб буго.\nБаркала, шагӏир!\nШагӏирасул тӏадегӏанлъилъун дида бихьула гьесда, жеги гӏоло- хъанго вукӏаниги, ахир унеб бакӏги хвелги кӏочон тунгутӏиялъулъ.\n«Дун ина…» абураб кочӏол цохӏо куплет:\nДун ина…\nнахъехун хутӏила лъалкӏал,\nГӏумруялъул нухда\nдица лъун тарал,\nЦоял, дун чӏухӏулел,\nгъваридал, лъалел,\nЦогидал загӏипал,\nчӏахӏилълъ рахчарал.\nАбичӏого гӏоларо яцалде гьабураб «Хӏабибат» абураб кечӏалъги дун асир гьавунин ва дирго яцалъул тӏолалго сипаталги цере рачӏанилан. Хасго рокьана шагӏирас яцалъе кьолел суалаздасан гӏуцӏарал куплетал.\nДиеги бокьилаан гьел дирго яцалъе кьезе ва жаваб щвезе:\nХӏабибат, бицинарищ,\nКинаб даража щолеб,\nЛъилго ракӏ лъукъичӏезе,\nЛъилгун кьал ахӏичӏезе?\nХӏабибат, бицинарищ,\nКинаб даража щолеб,\nДунялалде рачӏин-ин\nСабурал, берциназе?\nКучӏдузул бицунеб бугелъул, дирго махсара бичӏчӏулеб хасият загӏиплъун бугеб лъаларо, лъугьа- бахъиналда гъорлъ гӏахьаллъулел гӏадамал цере чӏезаризе рес гьечӏолъиялъ лъаларо, махсарадул кучӏдул дида мукъсаналлъун рихьана. Ракӏалде ккана «Махсарадул кучӏдул» ва «Баркиял» абурал къотӏелал гьаб тӏехьалда лъечӏого, гьел жидее сайигъат гьаруразе кьезе, батӏаго гьитӏинабго тӏехь хӏисабалда риччаралани лъикӏ букӏинаанилан. Дида гьел, тӏадегӏанаб даражаялъул чухъида бараб (рекъечӏеб гуро) гьелда данде ккун дагьаб загӏипаб рукъилъун бихьана. Нахъойги абулеб буго, Гӏали-хӏажи, мун лъикӏав шагӏир вуго ва дие бокьилаан хадубги дур, магӏарул мацӏалъул гьоцӏо бецӏцӏулел, хӏикматал, асар гьабулел кучӏдулги тӏахьалги цӏализе. Дир гӏумруялъ гьелъие рес кьечӏони, лъималазниги цӏализе.\nДур шигӏрабаз Ватӏаналде рокьи базабулеб буго, гьезие лъикӏаб тарбия кьолеб буго. Цӏаларазулха!\nЦӏализеги чан чиясухъеха щвелеб, бичун босизе гӏадамал ругьунлъичӏеб, гьудулзабазе сайигъат хӏисабалда бикьун лъугӏулеб, 300 гурони бахъичӏеб тӏехь?!\nКигӏан халалъаниги, тӏадчӏей гьабизе бокьун буго, гьабго тӏехьалъ данде бачараб, «Харбалги къисабиги» абураб къотӏелалда.\nВахӏ! Мун лъикӏав шагӏир гуревги, гьунар бугев хъвадарухъанги вукӏун вугогури, Гӏали-хӏажи!\nБосе, цӏакъ рекӏее асар гьабуледухъ хъвараб, къиса «Бекараб ханжар». Ракӏалде ккезе бегьула гьеб къиса, умумузул букӏараб, вахӏщияб «бидухъ би» абураб къисас босиялъул хӏакъалъулъ батилилан ва гьеб гӏадат тезе гӏадамазе кигӏан захӏмат букӏарабали баян гьабулеб бугилан. Буго гьебги. Амма аслияб къагӏидаялъ гьаб къиса буго гьанжесев гьеб цӏаларав чиясе кисаго щвезе рес гьечӏеб дарс.\nУмумузул гӏакъиллъиялъул дарс, напсалдаса бергьине кин гьез цоцазе кумек гьабулеб букӏарабали бицунеб дарс, кӏудиязухъ, гӏелму бугезухъ гӏенеккиялъул дарс, гьоболлъия-лъул, гьудуллъиялъул, чилъиялъул, яхӏалъул, сабруялъул дарс.\nГӏумруялъ мугӏалимлъун хӏалтӏаниги, дица кьечӏо, Гӏали-хӏажи, цӏалдохъабазе гьединаб гучаб дарс. Бар- кала!\n«Магӏил горо» абураб къисаялъ тӏамулел руго магӏил гороялъул къимат гьабизе. Рагьун бихьизабулеб буго, вагьабиязул вахӏщияб асаралде ккаразул букӏунеб пикру, инсанасул гӏумруялъул гьезие букӏунареб къимат, Аллагьасухъ гурони гьечӏеб, инсан алжаналде яги жужахӏалде витӏизе бугеб ихтияр гьез цӏакъ бигьаго жидехъего босулеб бугеб куц. Гьаб къиса цӏакъ асар гьабулеблъун лъугьун буго, живго автор гьел лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарав, гьезул нугӏлъун вукӏиналъги, щибаб рагӏиялда, щибаб жумлаялда божизе бачӏунеб буго. Гьал пикраби, цо бакӏалда чӏечӏого хисардулел, гӏолилаз цӏализе рукӏаралани, гӏемераб жоялде кантӏизарилаан. Гьаб дарсалъухъги хъвадарухъанасе баркала!\nДагъистаналъул Халкъияв шагӏир, мунагьал чураяв Расул Хӏамзатовасул дунялалда букӏараб машгьурлъиги асарги бихьизабулеб, Дагъистаналде рокьи базабулеблъун лъугьун буго «Генераласул хабарги».\nЦӏаларазда бичӏчӏила, Гӏали- хӏажи, мун лъикӏав хъвадарухъанги вуго. Дуда кӏолеб буго, гӏумруялъулъ бихьараб, бицунеб рагӏараб лъугьа- бахъин, суратал рахъулев чиясда сурат гӏадин, хехаб ва кьучӏаб каламалъул кистьги хӏалтӏизабун, кагътиде босизе. Нахъойги баркала!\nДурго бажариялда рекъон, Тӏадиял росдал тарихги дуца хъван букӏинчӏебани, дица гӏажаиблъи гьабилаан. Гьелъги бихьизабула мун, дурго гӏагараб ракьалдаса тӏезе рес гьечӏев, иман щулияв вас вукӏин.\nАллагьас дур гьунар азариде бахинабеги ва халкъалъе пайдаяблъун гьабеги."}
{"slug": "8600-rakialdeshchveyazul-sarinal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8600-rakialdeshchveyazul-sarinal", "title": "Ракӏалдещвеязул саринал", "date": "2020-06-14 14:57:48", "categories": ["lit"], "text": "1957 соналда бахъараб сурат. Махӏачхъалаялъул медучилищеялъул художественнияб хӏаракатчилъиялъул гӏахьалчагӏи\nГьаб сурат редакциялде битӏун бачӏана газеталъул цевегосев гьудул, мухбир, гӏемерал соназ Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда хӏалтӏарав Тӏалхӏат Ахъбердиевас. Гьелъие гӏиллалъунги ккун буго Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Нурмухӏамадова Саихӏатица жиндирго кӏодоэбел Сапинатил хӏакъалъулъ хъвараб хабар газеталъ лъазабураб конкурсалде битӏи. Бихьулищха – Сапинатги Тӏалхӏатги цадахъ цӏалулел рукӏун руго Махӏачхъалаялда, медучилищеялда.\n— Макъалаги Сапинатил суратги бихьидал, дун цӏидасанги гӏолохъанал соназухъе тӏадвуссана. Пикрабиги гьелчана каранда, ракӏалдещвеязги квелъ бана. Дие цӏакъ бокьилаан гьаб суратги газеталда бахъани ва гьанир ругел дир курсцоязда цадахъ цӏалулел рукӏараб заманги ракӏалде щвезабизе. Гьаб сураталъ дида цоги нухалда ракӏалде щвезаруна училищеялда тӏоритӏулел рукӏарал тадбирал. Гьез бигьа гьабулаан нижее цӏалиги, — ян хъвалеб буго Тӏалхӏатица.\nСураталда: Тӏалхӏат Ахъбердиевас хъвалеб буго балалайка. Гьесда аскӏой – Гъуниб районалдаса Жапарат.\nРахъун чӏарал: квегӏиса квараниде: Хунзахъ районалъул Гӏободаса Султӏанахӏмад Мухӏамадов, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Арайчу Мухӏамадова, Хунзахъ районалъул Хьиниса Гӏабдусалам, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Залму Мухӏамадова, Казбек районалдаса Расул, Хунзахъ районалъул Гӏободаса Гӏалиасхӏаб Гьиматов, Унсоколо районалдаса Разият.\nЦо-цоязул росабиги фамилиялги кӏочон тун руго Тӏалхӏатида. Гьес гьарулеб буго гӏайиб гьабугейилан.\nРакӏалдещвеял. Гьале гьанже цӏидасанги гьезухъе тӏад вуссунев вуго, Тӏанусиса Сапинатил хӏакъалъулъ хъвараб макъала бихьидал. Цо-кӏиго рагӏи Сапинатил хӏакъалъулъги: лъималазул рокъоб лъимерлъи арай гьелъул гӏамал букӏана захӏмалъабаз лъадарараб. Цӏализеги лъикӏай йикӏана гьей. МашаАллагьха, гьелъ умумузул бакъназда магӏарул кучӏдул ахӏулел рукӏараб куц. Дида гьанжегицин, гьелъул сураталъухъ валагьидал, рагӏизе лъугьана доб хӏайранаб гьаракь. Жинда тӏад къараб ишалдехунги кӏудияб жавабчилъи букӏунаан гьелъул. Гьединал берцинал рагӏабазе мустахӏикъал руго сураталда ругел киналгоги. Гӏажаибаб хинлъи букӏана доб мехалда киназулго ракӏазулъ. Гьеб хинлъиялъ нахъеги цӏа бакана дир каранда…\nКӏудияб баркала кьезе бокьун буго газеталъул коллективалъе гьединал, гӏун бачӏунеб гӏелалъе берцинлъиялъул ва бахӏарчилъиялъул мисалаллъун ругел конкурсал тӏоритӏиялъухъги. Щиб лъалеб, гьаб сурат бихьидал, дихъе кӏалъан рачӏинеги бегьула, чӏаго ратани, гьенир ругел дир курсцоял яги гьезул гӏагарлъи, — я н а булеб буго Тӏалхӏатица.\nХадурагӏи:\nГьалеха, хӏурматиял цӏалдолел, цоги сураталъул къиса. Цоги лъикӏав инсанасда ракӏалде щвана жиндирго гӏумруялъул талихӏаллъун рукӏарал лахӏзатал. 63 соналъ цебе бахъараб гьаб сураталъ каранда кунчӏизарурал пикрабаз гьесие гьабураб рохалил асаралъ нижергоцин ракӏ бохизабуна. Гьадинал ракӏалдещвеял нилъер киназулго рукӏуна. Гьез цӏидасанги рачуна нилъ гӏолохъанлъиялъул рагьдухъе. Херал бахӏарлъула, бахӏаразул ракӏал дагьалъги гогьлъула, гӏолохъанлъула. Гьаб макъала хъвалелъул, дида цебеги кӏанцӏелеб букӏана доб талихӏаб заман"}
{"slug": "8601-khalk-iyab-pedagogika-tarbiya-keyal-ul-aslu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8601-khalk-iyab-pedagogika-tarbiya-keyal-ul-aslu", "title": "Халкъияб педагогика – тарбия кьеялъул аслу", "date": "2020-06-14 18:19:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "Масъалаби гӏемераб гьанжезаманалъул жамгӏияталда бищунго кӏвар кьезе кколеб суал буго гӏолеб гӏелалъе тарбия кьей. Гьанжесел гӏолилаз санго гьабуларо миллияб парталалъулги, халкъиял гӏадатазулги, гӏадамазда гьоркьов вукӏа-вахъиналъул низам цӏуниялъулги. Гьединаб хьвада-чӏвадиялъе квербакъула нусгоялдаса цӏикӏкӏун телеканалалдаса бихьизабулеб жоялъги, социалиял гьиназдасагун интернеталдаса щолел баяназги. Гьезул кьучӏалда куцалеб цӏияб гӏелалъе хасиятаблъун лъугьун буго хъачӏлъи, чӏахӏиязул адаб тей, чӏужугӏадан хӏакъир гьайи, чамгӏаллъи. Жеги гӏакълу цӏубачӏел ва гьанжего гьанже балугълъиялде рахунел гӏолилазда гьединаб хасият берцин бихьула, ва гьел ругьунлъула гьелда рекъон хьвадизе.\nГьединаб ахӏвал-хӏалги букӏаго, Дагъистаналъул лъай кьеялъул цӏакъго «церетӏурал» хӏаракатчагӏаз школазул цӏалул планаздаса нахъе бахъана «Дагъистаналъул халкъазул маданият ва гӏадатал» абураб дарс. 1992 соналдаса нахъе гьеб кьолаан республикаялъул школазул ункъабилеб ва 8-11 классазда. Гьел дарсал кьезе байбихьана лъай кьеялъул унго-унгояв патриот ва халкъияб педагогикаялъул магӏна бичӏчӏулев министр Бадави Хӏажиевасулги ДНИИПалъул директорлъун вукӏарав Хӏамидуллагь Мухӏамадовасулги хӏаракаталдалъун. Тарбия кьеялъул рахъалъ нилъер халкъазул букӏараб гӏасрабазулаб бербалагьиялдаса махӏрумлъулеб буго гьанже гӏолеб гӏел.\nХалкъияб педагогикаялъул аслу буго халкъияб этикет. Этикет (oppetuquette — ярлык, этикета) ккола жамгӏияталда гьоркьор рукӏа-рахъиналъулги хьвада-чӏвадиялъулги низам. Гьелъул хӏубилъунги ккола халкъиял гӏадатал, моралиял къанунал, кагътида хъвачӏониги, щивасул рекӏеда бикӏун цӏунараб жамгӏияталъул закон.\nДагъистаналъул халкъазул буго гӏицӏго жиндие хасиятаб этикет – гьелдалъун гьеб батӏабахъула Россиялъул цогидал халкъаздаса. Гьанже гӏемерисез гьелда абула «менталитетилан». Дагъистаниязул этикеталъ тӏалаб гьабула цогидав чиясул адаб гьаби, гьесул напс хӏакъир гьабунгутӏи, дандеккунгутӏи, жахӏда, рагъ- кьалалде сверизабичӏого, маслихӏаталдалъун битӏараб нухде бачин. Этикеталъ малъула батӏи-батӏияб ригьалъул гӏадамалгун, чӏужугӏадангун, бечедав-мискинавгун, хӏакимчиясулгун ва цогидалгун вукӏа-вахъунеб къагӏида.\nТӏабигӏаталъги, тарихиялгун социалиял ва экономикиял шартӏазги квербакъун, дагъистаниязул этикеталъул аслиял рахъаллъун ккезаруна гьадинал гӏадатал: цоцазе хӏалае рахъин, гьоболлъи цӏуни, мадугьалгун рекъон вукӏин, кьураб рагӏи кквей, халкъалъул цолъигун гъунки, мадугьалихъ гӏумру гьабулеб халкъалъулгун гӏаммаб мацӏ бати ва цоцазул адаб гьаби, хъизамалъул, гьавураб рукъалъул ва эбел-инсул адаб гьаби, херлъараб мехалда, эбел-инсул тӏалаб гьаби, херазул гӏакълу кӏодо гьаби, чӏужугӏаданалъул намусги гӏумруги цӏунизе рахъин (гьей гӏагарай кколей гьечӏониги яги лъазего лъаларей ятаниги), гӏагарлъиялъулгун бухьен кквей ва гь.ц.\nХалкъалъул этикеталъул тӏалабал рессун руго кицабигун абиязулъ. Масала: «Инсанасул мацӏалда буго гьоцӏоги балагьги», «Чӏахӏиязул адаб гьабуларесда адабго лъаларо», «Лъикӏаб рагӏуца гамачӏги хӏеккинабула», «Гьабураб лъикӏлъи, ралъдалъе реханиги, гӏадада холаро», «Рикӏкӏадав вацасдаса аскӏов вугев мадугьалго лъикӏ» ва гь.ц.\nЭтнографиялъул ва цогидал гӏелмиял тӏахьазул баяназда рекъон, халкъияб этикеталъул тӏалабалги цӏунун куцарав чиясулъ букӏуна: ритӏухълъи, хӏилла-рекӏкӏ гьечӏолъи, жахӏда гьечӏолъи, щивасдехун ракӏ разияб бербалагьи, кьураб рагӏуе ва гьабураб къотӏуе хилиплъунгутӏи, нич, хӏеренлъи, гурхӏел-рахӏму, цогидаз гьабураб квешлъиялдаса тӏаса лъугьине бажари, гӏаммаб ишалъулъ гӏахьаллъизе гъира, чорокаб мацӏ бицунгутӏи, мацӏихъанлъиялдаса рикӏкӏалъи ва гь.ц.\nДагъистаналъул халкъияб педагогикаялъул аслиял тӏалабал руго гьадинал:\n1) эбел-инсул адаб цӏуне, эбелалъул тӏадегӏанлъи кӏочонге;\n2) эбел-инсуда цебе ясалъулаб (васасулаб) борч тӏубай;\n3) чӏахӏиязул адаб гьабе;\n4) цӏуне ва щулалъизаре гӏагарлъиялъулгун бухьенал;\n5) гьоболлъи цӏуне;\n6) цӏуне чӏужугӏаданалъул къадру, напс; гьей йигеб бакӏалда адабалда вукӏа-вахъине лъай;\n7) къадруял, рагӏи билълъарал херал гӏадамазул тӏадегӏанлъиялъул адабги гьабулаго, цӏуне халкъалъул (жамагӏаталъул) къиматаб цӏар;\n8) кьураб рагӏи ккве, бараб гьа тӏубазабе;\n9) квербакъе (моралиябгун материалияб рахъалъ) гӏагарал чагӏазе (бесдалазе, унтаразе, щокъазе, язихъазе);\n10) цоцазе кумек гьабе ва гь.ц.\nГьединал малъа-хъваязул кьучӏалда куцалаан нилъер умумуз лъимал. Гьезда рекъон хьвада- чӏвадулищалиги балагьун, кьолаан гӏолилазе къиматги. Эбел-инсул къадру хвараб иш гьабунгутӏизе хӏаракат гьабулаан лъималазги. Школалда цӏалулел лъималазе тарбия кьеялъул программаялда рукӏине мустахӏикъаллъун рихьула нижеда цереккун рехсарал тӏалабал.\nРукӏуна гьадинал хӏужабиги: рокъоб эбел-инсуца кьолеб тарбия рекъонкколаро рукъ тун къватӏиб букӏунеб лъимадул хьвада- чӏвадиялде. Масала, чӏужугӏадан хӏакъир гьайизе бегьулареблъи лъаниги, пуланав васас чорокал рагӏаби абула классцоялде. Гьедин ккола малъарабги щибаб къойил бихьулебги данде кколареб мехалда. Гьединлъидал дарсида, классалъул данделъабазда ва цогидал тадбиразда гӏолилал ругьун гьаризе ккола халкъияб педагогикаялъул малъа-хъваял хӏалтӏизаризе."}
{"slug": "8602-untize-ikhtiyar-bukiinchio-begavulasul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8602-untize-ikhtiyar-bukiinchio-begavulasul", "title": "Унтизе ихтияр букӏинчӏо бегавуласул", "date": "2020-06-14 18:26:34", "categories": ["pismo"], "text": "Гъуниб районалъул Бацӏада росулъеги коронавирус абураб балагьаб унти бачӏана республикаялда жеги самоизоляция лъазабилалдего. Росуцоязда гьоркьоб унти тӏибитӏиялъе гӏиллаги ккана тагӏзияталде ракӏари.\nРайоналда унти баккилалдего райбольницаялъул отделениял эркен гьарулел рукӏана къойилго гӏадин чанго нухалъ «Хехаб кумекалъ» Бацӏадаса хъамун рачӏунел захӏматго унтаразе. Районалъул росабазда гьоркьоб кӏудиябин абизе бегьулеб росулъ, 25 соналъ хӏалтӏарай тохтур Патӏимат Мухӏамадбеговна гьениса аралдаса, лъабго медицинаялъул сестра гурони тӏадегӏанаб лъай бугев тохтур росдае хӏажатаб къоялъ ватичӏолъиялдаги гӏажаиблъи гьабизе бачӏана. Гьеб заманалда Бацӏадаги байбихьана рихха-хочи, хӏинкъи, жакъаги щалдай хъахӏаб ретӏел ретӏарал гӏадамаз Гъунире рачун унел ругелин цоцахъе телефоналъ ахӏдей…\nАмма гӏаммаб къварилъиялъ жеги цолъизабураб жамагӏаталъул тӏалабги гьабун, росдаде рещтӏараб захӏматаб заманалда гьелъул цевехъанлъун лъугьана, «Хӏакъикъат» газеталдасан баркала кьезе бокьун бугин росуцоял дихъе хъвадариялъе гӏиллалъун ккарав, росдал бегавул Руслан Замалов.\nЩивасе гьев лъугьана вацлъунги, васлъунги, киназго ахӏи балев, жив гьечӏого росу цебе чӏезабизе кӏоларев чилъунги. Русланица бихьизабуна росуцояз жиндего гьабураб божилъи гӏададисеб батичӏолъи. Цояз – къварилъахъдилаго кьолеб буго гьесие баркала, цогидаз — гьев бахӏарчи вугинги абун, кӏиго рагӏиялдалъун кьолеб буго гьесие къимат.\nБакӏалъулаб радиоялдасанги телефоназдасан тӏиритӏизарунги Русланил лъазабиял щолаан кидаго росуцоязулгун бухьеналда йигей дихъеги. Бачӏинахъего унти къотӏизабизе росулъ карантин лъазабизе гьесул бакӏалда цогидавги кантӏилароан. Тӏоцебесеб иргаялда, хӏажат рукӏана дараби. Тӏоцебесеб лъазабиги букӏана росдал хӏажалъабазе цебе- цебе бакӏараралда тӏаде росуцояз, щивасул ресалда рекъон, гӏарацги бакӏарун гьел росизе ккеялъул. Телефоназдасан бачӏараб лъазабиялъухъ гьесие баркалацин кьуна росу тун къватӏир ругелги бецӏдерица. Гьезги байбихьана, Русланилгун бухьенги ккун, гӏагараб росдае хӏажатаб къоялъ ратизе. Бецӏдерица ракӏ-ракӏалъ баркала кьолеб буго жакъа жидеде рещтӏараб къварилъи гӏахьал гьабурал мадугьалзаби — Гӏунтӏиб росдал жамагӏаталъеги. Гьезги, жидерго росуцоязул къукъаялдасан лъазабиги кьун, бакӏарун гӏарацгун, Бацӏаде щвезабуна лъикӏаб къадар дарабазул.\nРосулъе нух къана. Районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировасул тӏалабалдалъун райбольницаялдаса, бецӏдерица баркала загьир гьабулев кӏиго тохтур витӏана Бацӏадаго сах гьаризе бажарулел гӏадамал сах гьаризе гьенирго рукӏине (больницаялда унтарал регизаризе бакӏги хутӏун букӏинчӏелъул). Росдал бегавул Русланица, хӏалхьи гьабизени киса гурин, живгоги унтилин хӏинкъизецин жиндиего изну кьолеб букӏинчӏо. Гьев вихьулев, рагӏулев вукӏана кивго, сордо-къо батӏа гьабичӏого: мехелалда жаниб жаназа кида росулъе щолеб бугониги, Русланги гьесда сверухъ гъункарал гӏолохъабиги хабзалалъ рукӏунаан. Гьелго гӏолохъаби, ирга гьабун, посталда дежурствоялдаги рукӏуна жакъаги. Гьезиеги, Русланиего гӏадин, унтизеги унтун хадур сахлъичӏого рукӏинеги ихтияр букӏинчӏелъул, хварал рукъизеги росдал бегавуласе мугъчӏвайлъун рукӏинеги гьел гьечӏого гӏоларелъул…\nВорчӏичӏо Русланги вирусалдаса, живгоги унтана, рокъосездеги бахана. Аллагьасул кумекалдалъун рокъорго сах гьаризе кӏвана. Унтана «Хехаб кумекалъул» машина бачунев Ахӏмадги. Щибаб къоялъ унтаразда цадахъ вукӏунев гьевги вирусалдаса ворчӏичӏо.\nГьеб мехалда Руслан живго лъугьана «Хехаб кумеклъунги». «Калина» маркаялъул мех бараб гьесул машинаялда, захӏматго унтаразе тӏагӏам бахъи гуребги, живго Русланиеги хӏинкъи цӏикӏкӏана гьездаса унти бахиналъе. Гьеле гьебги, гьеб гуребги, росуцоязда лъаларебги жидерго бегавуласул бугеб ракӏунтиялъ, тӏалабалъ рохун, гьесие дугӏаялда руго жакъа росулъги къватӏирги ругел бацӏадисел.\nЖалго росуцоязда гӏадин, дидаги лъала гьаб каламги Руслан Замаловасе бокьизе гьечӏеблъи, тӏадежоялъе, гьеб гьесул рекӏее бакӏлъизецин букӏин. Гьес абизе буго гьеб жинда тӏадаб иш букӏанин ва жакъаги бугин. Кин бугониги, абила — баркала, Руслан!\nНилъер Аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Ватӏан бокьи иманалдасан буго», — ян абураб. Ватӏан буго баракат. Тӏоцебесеб ватӏан — вижараб росу кколелъул, гьелдаса байбихьула кӏудияб Ватӏан бокьиги. Ватӏан бокьиги, хасго гьаб заманалда, кинавго нухмалъулесулъ батулебги, гьесие щолебги шапакъат гуро. Дуе, Руслан, гьеб щун букӏин бихьизабуна жакъа росуцояз кьолеб къиматалъ.\nАллагь разилъаги дудасаги дур хьибил ккун чӏарал нилъер гӏолохъабаздасаги, чӏагоял сахлъизеги, хварал абадияб рокъоре тӏоритӏизеги рахъун чӏаралъухъ. Бухъизе ккогеги нужеца анцӏила ичӏго, жеги зани чӏвачӏел, жеги цӏарал гьечӏел хобазда тӏаде тӏокӏабги хобги, квешаб макьу гӏадин аги, лъугӏаги коронавирусин абулеб унтиялъ бачӏараб магӏуги, ракӏал кӏорокӏараб асарги… Аллагь гурхӏаги киналго хвараздаги тӏолалго чӏагояздаги!"}
{"slug": "8603-zaral-kkun-batila-kochiokh-abaze", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8603-zaral-kkun-batila-kochiokh-abaze", "title": "Зарал ккун батила кочӏохъабазе", "date": "2020-06-14 19:05:08", "categories": ["lit"], "text": "Гӏемерав чиясе чанги батӏияб зарал ккараб сон бачӏана исана. Культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагӏазул киндай бугеб ахӏвал- хӏалилан хӏалтӏана пикру. Гьезул цо-цо коллективал хӏалтӏуде хьвадулел ругоан, инчӏого рокъор чӏаралги камилищха, киналго районазда цого низам гьечӏелъул.\nКингӏагидай рокъор хӏебтӏун руго гвангъарал концертаз, бечедал бертабаз, къасисел рестораназул чалухал банкетаз хьихьарал кочӏохъаби? Гьезул цоялъул зигара чӏвана гӏинда гьал гӏагарал къояз. Махсара жубараб гьадинаб кӏалъай ккана гьелъулгун:\n— Кеп гьечӏо дие гьаб пандемиялъул.\n— Вахӏ, хутӏанщиназе сухӏматищха гьаб?\n— Нужее щиб захӏмалъи бугеб, хӏукуматалъ харжги кьун ругин рокъор.\n— Мунги йигогури, гъоб пуланаб, маданияталъул идараялъул штаталда? — ян щвезабизе ккана ракӏалде.\n— Вуя, щиб бицуней мун! Анцӏила щуазарго гъурущ! Гьа-гьа-гьа, гьеб сундуе гӏолеб жо!\n— Йо, анцӏазарго гурони харж рокъобе бачӏунарелги руго гӏадамал. Гьез хъизан хьихьула.\n— Лъаларо, гьез кинабгӏаги экономиялда гӏарац хӏалтӏизабизе малъулеб гӏелму лъазабун батила.\n— Дуе гӏолареб жо щиб? Рукъзал руго хайир кьолел, гьебги цо гуро. Машина буго. Концерт-банкетазде яхъине цӏияб партал босизе кколеб гьечӏо пандемиялъул заманалъ. Аллагьасукьа хӏинкъа.\n— Щиб дуца бицаниги, дида лъаларо гьеб анцӏила щуазарго цӏулал гъурщида рекъон гӏумру гьабизе.\n— Гьебги гьечӏого хутӏани лъазе буго дуда гъурщазул къимат, — ан тана хабар лъугӏизе.\nШагьаралъул рестораназда кечӏ ахӏулел кочӏохъабазул мухъилъ нагагьги ватизе рес гьечӏо хӏукуматалъул чвантиниса харж щоларев, маданияталъул идарабазул хӏалтӏухъанин рикӏкӏунарев чи. Лъагӏалие лъабцӏул гъоб идараялъул тадбиралда цереги рахъун, нахъраталие харжги карточкаялде чвахун руго, эмехвадал. Ведомосталда гъулбас гьабун харж босулеб заманалъ, моцӏрое цо нухалъниги раккизе кколел рукӏун ратила «жал хӏалтӏулеб» идараялде. Кучӏдулги кинал ва кинан ахӏулелали нилъеда лъалаха, маххул къебедас тӏагӏел гӏадин студиязда къачӏалеб гьаракь-бакъан, гьенибги бищун къуватаб алат — гьитӏинаб флешка! Чанго батӏияб масъала борхун, мисалал рехсон хъвазе бегьила миллияб кочӏол бугеб татуго хвараб ахӏвал-хӏал.\nМустахӏикъабго гьечӏониги, гӏемер такрар гьабулеб рагӏула «оцол багьаяб кечӏ» абураб умумузул машгьураб аби. Оц кьун руцӏцӏинарун бажарулеб гьечӏо, машинаялъул кӏулал кодоре щванигицин цӏияб щавкъалда къосинабулеб буго гӏалам гӏадлу биххараб гӏамалалъул кочӏохъабаз. Макъратӏисалъ гӏадин халкъ гьезда тӏаде цӏалебги щиб хӏикмат лъаларо. Гьеб кинабго рихаразул рахъалдаса цо-цо бадирчӏваял камуларо хъвадарулел чагӏазеги.\n«Щай нужеца хӏакъаб рагӏи абулареб, гьагъал гьалагал руччабазда, гьезий хъат балезда?» «Жал магӏарулал, бусурбабиян рикӏкӏунадай гьез?» «Жидер хӏурмат цӏунулеб хӏалалъги ахӏизе бегьулагури кечӏ…»\nЖурналистал диванчагӏи гурелъул, нижеда кӏалгьикъун щай? Лъица щиб бицаниги, жидее къабулаб гуреб рагӏи, мохмохалдаса лъим гӏадин, гирула гьездаса.\n«Культураялъул министерство щибулеб жоха? Гьезул букӏунарищ кочӏохъабазул магӏна-гӏиналъул милат гьабулеб отдел?»\nКультураялъул министерствоги батилаха, культурный къагӏидаялъ ретӏа-къан, кагътазда квал- квалдулаго, кабинетазда жаниб къан.\nКин бицаниги щиб, шоу- бизнесчагӏазе кутакалда эркенаб гӏасру буго, амма сухӏматал гьукъараб пандемиялъул кваркьи саламатго хъван батила гьезулги чвантида.\nРоцен кинаб бугеб гьунар борцунеб?\nГьанибго ракӏалде щвана кӏиго соналъ цебе гӏассияб цо кечӏ рагӏидал лъугьараб асар.\nРайгазеталдаго хӏалтӏулеб заман букӏана. Къаде какгун квандаса хадуб хӏалтӏуде нуцӏа рагьидал, берцинаб кечӏ-бакъаналъул сас чӏвана. Редакциялъул гӏолохъанай хӏалтӏухъан Рисалат йигоан, интернеталдасан гӏисинккун биччараб кочӏохъе, клавишабазда хӏарпал рищулей.\n— Гьаб щиб цӏакъаб гьаракь-бакъан?\n— Магӏарулха, интернеталдаса. Модаялда бугеб, гӏемеразе бокьулеб кечӏха гьаб.\nЦо дагьаб гӏинтӏамуна дицагоги. Зани бегараб рагӏабазул такрарлъи- припев:\n…Герегун герегун,\nрег-регун рег-регун,\nГерегун рег-регун\nтӏогьол мугӏрузда.\nГерегун рег-регун,\nрег-регун герегун,\nГерегун рег-регун\nкӏиялго цадахъ..\n— Цоги нухалъ редакциялда жаниб рагӏани, гьеб кечӏги, компьютерги, мунги Авар гӏурулъе риччала!- ян махсара жубараб бадибчӏвай гьабуна.\nШагьра ккун, телалъул квараз бачун, интернеталъ тӏибитӏизабун магӏарухъе бачӏанщинаб чӏанда гӏурулъе бани гӏорги загьрулъила. Умумуз абухъего, нацӏида ццин бахъун хъабарчаги бухӏизе бегьилищ? Месед гӏадай нижер хӏалтӏухъаналдаги компьютералдаги бугеб багьана щибха? Гьелде тӏадеги, гьаракь-бакъаналъухъ гӏенеккун гурони жинца рагӏабазул магӏнаго гьабичӏин Рисалатги йихха-йикана.\n«Борхатаб» поэзия, «гъваридаб» образ! Гьунар тӏокӏал шагӏирзабаз хъварабдай, кочӏохъаналъ жинцаго ургъарабдай? Ахӏулелги лъаларо, хъваралги рагӏичӏо. Дида рагӏичӏони щиб, халкъалъ такрар гьабулеб бугелъул.\nНужеца хӏисаб гьабе, 700-800 чи гӏодов чӏолеб концерталъул зал «Герегун-рег-регун» кечӏалъ кверде босараб! Гӏив-гӏав, чӏинкьи-хъат, гӏодор чӏаралъурго ясазул кьури- кӏичӏи.. Гьев нус-нус чиги — магӏарул гӏолилал, нилъер букӏинесеб, гӏисинал лъималазул улбул.\nГьел концертазда улбузул телефоналда бахъаралъухъги балагьун «Лег-легун, гелегун»-ин такрар гьабулел, гьанжего гьанже рахьдал мацӏалъул рагӏаби абулел гьитӏичал! Магӏна босизе лъалареб, пикру гьабизе кӏухӏалаб, нилъер кӏваргьечӏолъиялъ куцараб наслу.\nДица бицинаро гьел, цӏвакарал «цӏвабзазул», тӏогьол бусабазда «рег-регулел» образаз жал машгьурлъарал «шагӏирзабазул», гьезие къимат кьезегӏанасеб гӏакъиллъи дилъ гьечӏо. Амма, суалал рижула гьел «гьунарчагӏи» Дагъистаналъул маданияталъул ва адабияталъул цебесеб кьерде росулел хӏакимзабаздехун. Сундухъ кьолел жалдай «Дагъистаналъул мустахӏикъал, халкъиял» цӏарал? Кинаб роценалъ борцун гьунаргун росулел «шагӏирзаби» Россиялъул хъвадарухъабазул мухъилъе?!\nКультураялъул министерствоян абулеб, Хъвадарухъабазул союзин абулел цӏакъ серьезный кьучӏалда гӏуцӏарал солидный бакӏал руго нилъер. Рикьулел руго цӏарал, кьолел руго багӏарал книжкаби, каранда разе шапакъатал. Гьунаралъул махӏго гьечӏезеги рагьун буго каву кӏудияб сценаялде. Щай, сундухъ?! Судухъали бицинаро, жидедаго лъани гӏела, халкъалъеги гьеб балъголъи гуро. Гьезулго кодоре, ма, бокьараб ахӏе, бокьараб бице, бокьараб цӏалеян кьолел руго миллиял театразул, райцентразул маданияталъул кӏалгӏаби. Рощнол чӏарбидаса борхине гӏечӏеб даража гьел «гьунаразул» батаниги халлъуларел маданиятгун адабият роцӏинабеян хъулухъалги кьун таралгиха!\nНужеца копоего, гьал цо «рег- рег» тайпаялъул цониги кечӏ гӏурус мацӏалде буссинабе лъугьунеб кайфушниказул каламбур бихьизе!\nМавлид ахӏугейин, чи хваралъуб панкъ тӏамунги садакъа бикьугейин, рокъор ругел лъималазул расанкӏаби рухӏейин, Цӏияб соналъ гьитӏичазе ёлка лъогейин вагӏза- насихӏат гӏезегӏан рагӏула. Амма, гьелде ирга щвелалде щивас жиде- жидер мухъаздаса, росулъа хъвалел ва ахӏулел «рег-регазда» рекӏелъе иман тӏинкӏулеб гьуинаб хабар бицани, вирусго гӏадин мунагьал тӏиритӏизарулелги дагьлъилаан.\nХадурагӏи\nАхиралдаги абила, гӏемераб жавгьар буго халкъалда гьоркьоб, жал цӏакъалин цере рахъунарел. Тӏабигӏаталъго кьураб гьунар гьез рагьула жидер росу-ракь берцинлъиялъе, хъизаналъул ва гьудулзабазул горсверулъ. Гьединазул къиматги къадруги кидаго букӏана, гьез цоцахъе кьун цӏунунги буго миллаталъул хаслъи. Гьеб рагьизе нижедаги тӏадаб букӏинарищха."}
{"slug": "8667-21-iyunalda-tserekkunisel-rishchiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8667-21-iyunalda-tserekkunisel-rishchiyal", "title": "21 июналда — цереккунисел рищиял", "date": "2020-06-17 15:31:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьаркьал кьезе рачӏараб бакӏалда гӏадамалги гӏемерлъун цоцаде коронавирус бахинаредухъ нилъер цо-цо росабалъ рищиял 21 июналдаго тӏоритӏизе руго.\nРФялъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял тӏоритӏизе 1 июль бихьизабун буго. Амма гьелъие гьаркьал 25 июналдаса байбихьун, гьеб къоялде щвезегӏанги кьезе бегьула.\nГьедин, цереккунисел рищиял рукӏине руго Дагъистаналъул ичӏго районалда (рищиязул участоказдаса рикӏкӏад ругел росабалъ, хъутабазда).\nГьел ккола Гӏахьвахъ, Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Гъуниб, Рутул, Унсоколо, Цумада, Шамил районалда бугеб 106 участок.\nМасала, Унсоколо районалда 21 июналда гьаркьал кьезе руго Иштӏибури, Мокъсохъ, Колоб, Инкӏвалитӏа, Цӏатӏанихъ; Цӏумада районалда – Хьвайни, Гьакъо, Силди, Тӏаса Гьаквари, Гъоркьияб Инхокъвари, Санлъада, Кванлъада, Хъварщи, Хонох, Метрада, Гъоркьияб ва Тӏасияб Хъварщини, Хушет росабалъ; Шамил районалда – Тӏаса Колоб, Дагъбаш, Хӏорода."}
{"slug": "8668-tsogidaz-kh-ub-gabuleb-misal-techio-umumuz-nil-ee", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8668-tsogidaz-kh-ub-gabuleb-misal-techio-umumuz-nil-ee", "title": "Цогидаз хъуб гьабулеб мисал течӏо умумуз нилъее", "date": "2020-06-17 15:35:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "1 июлалда тӏоритӏизе руго Кониституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял. Гьелъул бицунаребги, хъваларебги бакӏ гьечӏин абизе бегьула социалиялгун, информация тӏибитӏизабулел сурсатазда. Хӏатта пандемиялъул суалги дагьаб нахъегӏан цунин ккол гьез.\nУлкаялъул аслияб документалда жанир гьаризе ругел хиса-басиязда гьоркьоб буго: Жиндир заманалъулаб ва киналго разияб медицинаялъул кумек щвеялъул, щулияб сахлъи букӏунеб гӏумру гьаби, хъизан-лъималазул институт камил гьабиялъул ва гьединго, лъималаз эбел-инсул кколеб адаб гьабиялъул хӏакъалъулъ статьяялде кӏвар кьезе букӏиналъул. Гьелда тӏасан жиндирго пикру загьир гьабуна Гумбет районалда маданиялъул бутӏаялъул нухмалъулев Хӏайбула Гӏабдурахӏмановас.\n— Цӏакъ хӏажатал, гӏемерав чиясул гӏумруялда хъинтӏулел хиса-басиял руго гьел хӏакъикъаталдаги, — ян бицана гьес.\n— Жиндир заманалъулаб ва камилаб тохтурзабазул кумек щвей гьеб жакъаги ва гьединго букӏинесеб заманалдаги цӏакъ кӏвар бугеб суал буго. Сахлъи цӏунулеб куцалда, гӏумру тӏамиялде инсан рекӏеда ватизавиги цӏакъ кӏвар бугеб суал гьечӏищха жакъа? Сахлъиялъе зарал гьабулел жал къо бахъанагӏан кванилъги рукӏа- рахъиналъулъги гӏемерлъулел мехалъ, цӏакъ хӏажат буго гьелда хадуб хал кквезе. Нижер районалда гьеб суал цебесеб кьерда бугин абизе бегьула. Хасго районалъул нухмалъулев Хӏажимурад Мухӏамадовасги цӏакъ кӏвар кьола гьелде. Гӏисиналгӏан росабалъцин ран руго цӏиял спортивиял майданал, гьединго цӏидасан къачӏалел руго цереккун ран рукӏарал.\nКутакалда кӏвар бугеб буго хъизан-лъималазул институталда хурхун гьарулел хиса-басиязул суалги. Жакъа нилъеда бихьулеб буго Европаялъул ва бакътӏерхьул улкабаз босун бачӏунеб бугеб чорокаб ва инжитаб пропагандаялъ, гӏасрабаз бацӏцӏадго цӏунун букӏараб хъизан-лъималазул гьоркьоблъи жагъал гьабулеб бугеб куц. Гьединлъидал цӏакъ хӏажат буго гьеб рахъ роцӏцӏинабизе. Чияр чорокаб культураялъ хъуб гьабулеб тарихги, эбел-инсул цоцадехун бугеб адаб-хӏурматги нилъер гьечӏо, гьеб букӏана ва ИншаАллагь, букӏинеги ккола цогидазеги мисалияб даражаялда. Гьединаб къиматалда хадуб бачӏунеб гӏелалъе гьеб цӏунизе тӏадабги буго нилъеда."}
{"slug": "8718-khalk-al-ul-vakilzabigi-demokratiyagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8718-khalk-al-ul-vakilzabigi-demokratiyagi", "title": "Халкъалъул вакилзабиги демократияги", "date": "2020-06-22 06:27:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Жакъа гӏадин ракӏалда буго, араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда росдал советалде депутатал рищулаго, избирателазда цӏехолеб букӏана щибаб округалдаса депутатлъиялде кандидатасе кинаб тӏадкъай бугебилан ва гӏадамаз, хӏажалъи бихьун, загьир гьарулаан тӏуразе кколел масъалаби. Гьединабго хӏал букӏунаан райсоветалде ва республикаялъул Верховный Советалде депутатал рищулаго, гьел избирателалгун дандчӏвалаан.\nЛъабкъоялда анцӏабилел соназда Дагъистаналъул Верховный Советалде кандидатлъун вищула Мокъокъиве (гьениб букӏана округ) щварав сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Къураев Наби. Гьеб заманалда росабалъ медпунктазда рукӏинчӏо фельдшерал ва депутатасул кумекалдалъун чанго гӏолилав цӏализе восана медучилищеялде. Жакъаги гьезда абула Къураевасул кумекалдалъун лъай щварал специалисталилан.\nГӏаммаб транспорталъул бугеб захӏматаб хӏалги хӏисабалде босун, кандидатасе тӏадкъай кьуна маршруталъулаб такси хьвадиялъе кумек гьабеян. Анкьил болжалалда щвана Бежтӏа-Мокъокъ маршруталда хьвадизе УАЗ-буханка, амма гӏадамазул рохел къокъаб батана – моцӏ иналдего, райисполкомалъ хӏукмуги гьабун, такси кьуна райбольницаялъухъе.\nСССРалъул Верховный Советалде депутатал рищулагоги, кандидатал щолаан избирателазухъе. Гьедин Мокъокъиве щвана обкомалъул тӏоцевесев секретарь Юсупов Мухӏамад. Гьесда цадахъ вукӏана «Багӏараб байрахъ» газеталъул бетӏерав редактор Гӏарипов Хӏажиги. Хиса-басиял ккун хадусел соназдаги, избирателазул тӏадкъаялда рекъон, халкъалъул вакилзабаз гьабулаан гӏемераб хӏалтӏи. СМИялда кьун букӏана баян, Сергохъала районалъул Ванашимахи росулъе избирателазул тӏадкъаялда рекъон ва депутатасул кумекалдалъун, 180 миллион гъурущги хвезабун, лъим бахъанилан.\nЧанго нухалда газетазда букӏана ва жеги дарслъун цогидазе букӏине мустахӏикъаблъун букӏина Грозныялдаса территориалияб избирателазул анлъабилеб округалдаса СССРалъул Верховный Советалъул депутат, СССРалъул генералияв прокурор Александр Сухаревас Мокъокъ росдада аскӏоб гьитӏинаб ГЭС баялъул хӏакъалъулъ хъвараб жаваб.\nЗаконищ хисун бугебали лъаларо, цересел соназда сессиязда гӏенеккулаан депутатазухъ, избирателазул тӏадкъаял кин тӏуразарулел ругелали, букӏана депутат нахъе ахӏиялъул пунктги.\nДемократия байбихьарал соназда, нухмалъулел рищулел рукӏана, кигӏан гьитӏинаб коллектив бугониги. Цо школалда, коллективалдаги цӏехечӏого, ОНОялъ буюрухъги хъван, тун вукӏана директор, амма коллективалъ къабулги гьавичӏого, кӏиго-лъабго къоялъ гьабуна забастовка ва нухмалъи хӏажатаблъун ккана коллективалъухъ гӏенеккизе. Амма кидаго гуро демократияги битӏараблъун рикӏкӏине кколеб – камуларо гӏагарлъи хӏисабалде босулеб, ишалде унесул бажари-махщел бугищали халги гьабичӏого. Анцӏила щугогӏан чи хӏалтӏулеб цо коллективалда вищизе кколаан цӏияв нухмалъулев. Хӏасил, тӏадегӏанаб лъай бугев кандидатги тун, вищула гӏага-божарал цӏикӏкӏун ругев гьоркьохъеб лъай бугев чи.\nРоссиялъул Конституциялда хиса-басиял гьарулагоги, лъикӏаб букӏинаан депутатазул хӏакъалъулъ рехсараб пунктги бихьизабуни."}
{"slug": "8726-muradtsoyazul-pikru-tsol-un-bakh-uneb-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8726-muradtsoyazul-pikru-tsol-un-bakh-uneb-gechio", "title": "Мурадцоязул пикру цолъун бахъунеб гьечӏо", "date": "2020-06-22 17:09:42", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жакъа миллиял мацӏал цӏуниялда сверухъ гӏемераб хабар бицунеб буго. Гьалделел руго пикраби. Гьел хӏалуцун, цоцалъ речӏчӏун, гьалаглъараб гӏоралда цебе бугеб цо сангар тӏезабун бажаруларого ругел гӏадин руго. Гьеб тӏезабичӏого, гӏорги цолъиялъул ралъдахъе щолеб гьечӏо. Гьеб къеркьеялъул цебесеб кьердаги руго магӏарул мацӏалъул мугӏалимзаби, хъвадарухъаби, шагӏирзаби, мухбирзаби. Цо-цояз абизе бегьула гьезухъа чед бахъулеб бугилан. Гуро. Гьезухъа бахъулеб буго гьез ургъун тӏаса бищараб рухӏияб бечелъи, гӏумруялъул магӏна. Гьезда бичӏчӏулеб буго мацӏалъул бугеб кӏвар. Гьеб лъугӏани миллат лъугӏулеблъи. Аралда таманча речӏчӏун хутӏичӏого, букӏинеселда гӏарадаги речӏчӏулеблъи.\nАмма гьеб хӏалуцараб, ритӏухъаб къеркьеялде данде чӏарал къуватал, рагьун гӏемераб жоги бицинчӏого, жанисан къеркьолел руго. Мацӏал лъугӏизариялъе гьез пайда босулеб буго жалго тӏалъиялъул хъулухъазда рукӏиналдаса, гӏадамазул жагьиллъиялдаса, дагь-дагьккун миллиял мацӏал рагӏулел бакӏал къаялдаса ва загӏип гьариялдаса. Магӏарул мацӏалъул мукъулукъида, гьеб гъанкъизе, квер лъун буго гьез.\nГьединаб ахӏвал-хӏалги букӏаго, дида бичӏчӏулеб гьечӏо цо-цо кӏалъаязда рагӏулел пикрабазул магӏна. Цолъеян ахӏи банилан, мацӏал цӏунеян ахӏдонилан, гӏадамал цолъуларо, мацӏалги цӏунулароян рахъуна цо-цоял. Рази вуго. Цохӏо ахӏиги бан руцӏцӏун чӏолел ругони ва щибго гьабулеб гьечӏони, хӏасил кколаро. «Школазда миллиял мацӏал малъичӏони щиб? Гьениб грамматика малъиялъищ нилъер цересел шагӏирзабазда кучӏдул хъвазе лъалел рукӏарал? Гӏухьбилъун рукӏаразги гьаруна кучӏдул, школаздаго цӏаличӏезги гьаруна!» -ян чӏола цогиял. «Аслияб жо, эбел-эмен рокъор рахьдал мацӏалда гаргади буго, школалъ малъун мацӏ лъида лъалеб?» -ан абула лъабабилез. Киналго ритӏарал руго. Амма гьел киналго пикрабазул мукъсанлъи буго, гьел цонигияз ратӏаго росун, халкъалъулго мацӏ цӏунуларо.\nЦӏунула, пачалихъазул бутӏрузда ва депутатазда рагӏулеб хӏалалъ ахӏиги бани, эбел-инсуца ва жалго магӏарулаз рес бугебщинаб бакӏалда жидерго мацӏги бицани, школаздаги мацӏ малъулел мугӏалимзабаз жакъа къоялъул тӏалабазе жаваб кьоледухъ дарсалги кьуни. Гьезие дарсал лъикӏ кьезе лъай кьеялъул идарабаз, тӏадчагӏаз квалквалги гьабичӏони. Школазда магӏарул мацӏ кьеялъе нухалги рагьани. Байбихьул классазда киналго предметалги магӏарул мацӏалда кьуни ва школа лъугӏизегӏан рахьдал мацӏалъул ва адабияталъул дарсалги кьун, гьез магӏарул мацӏалда тӏахьалги казият-журналалги цӏалулеб хӏалги гьабуни. Магӏарул прессаялъ, казият-журналаз, радио-телевидениялъ магӏарул мацӏалда хъвараб жоялъул даража бокьулеблъунги гьабуни. Интернеталдасанги миллиял мацӏазда хъвалеб жо гӏемерлъиялде кӏвар кьуни. Миллияб театралъги хӏалтӏи лъикӏлъизабуни, гьелде рачӏунел магӏарулал гӏемерлъуледухъ хӏалтӏиги бачани. Магӏарул мацӏалда тӏад хӏалтӏулел гӏалимзабиги гӏемерлъани, гьелъ мацӏ гъваридго халкъалда лъаялъе квербакъиги гьабуни. Цӏунула, гьебги гьеб гуреб азарго тӏадеги, цадахъ киназго гьабуни ва рес бугевщинас магӏарул мацӏ цӏуниялъулъ жидерго бутӏаги лъуни.\nГьениб хасаб кӏвар буго школалъул нухмалъулезул, районазул бутӏрузул, лъай кьеялъул киналго хӏалтӏухъабазул ва умумузул.\nХъвадарухъабазул союз гьелда тӏад хӏалтӏулеб буго. Шагӏирзабаз тӏахьал хъвалел руго. Абизе ккола лъикӏал поэталги хъвадарухъабиги нилъер ругилан. Жакъасезде гӏей гьабуларезе, гьезул асарал цӏализе бокьичӏезе, гьезул даража гӏодобегӏанаблъун бихьулезе, дунялалъулго даражаялда хъвадарарал магӏарул шагӏирзабиги хъвадарухъабиги нилъер руго. Цӏали буго мурад.\nГӏумруялъул чвахиялъулъ къоялъе цо бащадаб сагӏат бате, магӏарул тӏахьал, казиятал ва журналал цӏализе. Щибаб номер цӏалани, гӏакълуги цӏикӏкӏунеб, мацӏги бечелъулеб Хъвадарухъабазул союзалъ биччалеб «Гьудуллъи» журналги буго. Руччабазе -«Магӏарулай», лъималазе «Лачен» журналалги руго. Магӏарул мацӏалда рахъулел республикаялъул ва районазул, цо-цо росабазулцин казияталги руго. Магӏарул мацӏ гуребги, адабги Аллагьасде гӏагарлъизе нухги малъулел «Ас-салам», «Нурул-ислам», «Мугӏалим» исламиял казияталги руго. Нилъее кинабго дагь буго. Мацӏ лъазе бокьаразе гуребха.\nГьелде тӏадеги, щибаб моцӏалъ цо нухалдаса дагь гьечӏого, дун ккола Хъвадарухъабазул союзалъ гӏуцӏаралги, гьезда гӏей гьабичӏого, жидецаго шагӏирзабаз гӏуцӏаралги тӏахьазул церелъеязде, «Поэзиялъул театралда» рукӏунел шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул церерахъиназде.\nМасала, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб библиотекаялда букӏана гьединаб данделъи. Цебелъеялъе босун букӏана Дагъистаналъул Халкъияй шагӏир Баху-Меседу Расуловалъ 15 шагӏирасул кучӏдуздасан данде гьабураб «Сариназул си» абураб тӏехь. Гьенир кӏалъазе рахъараз тӏадчӏей гьабуна цо-цо жидее цӏикӏкӏун рекӏее гӏурал авторазда, рихьизаруна гӏунгутӏаби, гьаруна малъа-хъваял. Гӏемерисез борхана магӏарул мацӏ цӏунизе ккеялъул суалги.\nМагӏарул мацӏ цӏуниялъе кӏвар бугеб цоги лъикӏаб иш ккана гьенибго. Гьенире рачӏаразе рикьана Мухӏамаднаби Ибрагьимовас хъвараб «Магӏарул Лиза» абураб тӏехь. «Сариназул си» цӏалун бахъарабго, дирги йикӏанин гӏурус учительница, гьелъулго гӏадаб гӏумру букӏун батилин гьалъулгиян дица байбихьана «Магӏарул Лиза» цӏализе. Тӏехь хъван буго бацӏцӏадаб, рекӏелъе бортулеб мацӏалда. Дица, цӏалун бахъинчӏого, гьеб гӏодоб лъечӏо. Дие дарсал кьурай гӏурус учительница Чуева Александра Ивановналъулги гьей «Магӏарул Лизалги» гӏумруялъул гӏаммал бакӏалги гӏемер ругоан. Дие цӏакъ асар гьабуна, Хьаргаби букӏараб зоналияб данделъиялда гьелъ магӏарул мацӏалда Махӏмудил кечӏги рикӏкӏун, гьел рагӏаби жинда батӏияб мацӏалда ричӏчӏизе рес букӏинчӏилан абиялъ. Гьаб тӏехьги ккана магӏарул мацӏ цӏуниялъул къеркьеялъулъ бакӏ кколеб, кӏвар бугеб ишлъун.\nГьадинал ишаз магӏарул мацӏ цӏуниялъе щивас бахъулеб хӏаракаталъ жиндирго бутӏа лъела. Амма хӏажат буго цере чӏарал масъалаби мухӏканго лъалев Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасда сверухъги гъункун, магӏарул мацӏ цӏуниялъул киналго масъалаби ва ишал цо рахънире руссинаризе ва хӏасил кколедухъ иш гӏуцӏизе. Хӏажат буго «ликбезал» рагьунги, мацӏ малъулел хасал школал, курсал рагьунги хӏалтӏи гӏуцӏизе."}
{"slug": "8728-daruyal-itstsazul-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8728-daruyal-itstsazul-k-ismat", "title": "Даруял иццазул къисмат", "date": "2020-06-22 17:34:27", "categories": ["magiarukh"], "text": "Мокъокъ росдадаса кӏиго километралъул манзилалда, бакътӏерхьул рахъалда, Микьуда гӏурул рагӏалда буго ицц. Гьениса лъим гьекъолеб мехалда цо дагьабго чӏабтӏил махӏ чӏвала. Гьеб буго кванирукъалъе цӏакъ пайдаяб лъим. Гьелда халкъалъ лъун буго «Бодохская минеральная вода» абураб цӏар (БМВ).\nМокъокъ\nМагӏарухъ хӏалтӏулев цо тохтурасул квералда байбихьун букӏана экзема. Чанго батӏияб дару хӏалтӏизабуна тохтурас, амма хӏасил ккечӏо. Гьесие кумек гьабуна БМВялъ. Дица гьеб битӏун букӏана шагьаралда ругел цо-цо профессоразеги. Риидал авлахъалда хӏалтӏулб мехалда хӏатӏазда гӏетӏ балаан, гьездаса бахъунаан рокьукъаб махӏ. Лъабго-ункъо нухалда гьебго лъелъ лъуна дица хӏатӏал – гьелдаса нахъе я гӏетӏ баларо, я махӏцунаро.\nБМВ битӏун букӏана Пятигорскиялъул лабораториялде. Лъикӏаб, жиндилъ гӏемерал пайдаял жал ругеб лъим бугин абун хъвараб кагъат кьуна гьениса. Лъел чвахи гьитӏинаб букӏин рекӏее гӏун гьечӏоан гьезие. Гьабсагӏаталда БМВялъул ицц ккун буго, нух балаго, гъегъги бан лъугьараб хӏоринибе. Хьул буго заманалдасан гьеб цӏидасан къватӏибе баккиялде.\nБежтӏасан Гуржиялъе унеб Аваро-Кӏахети нухда хьолбохъан чвахулеб Симбирисхеви гӏурул рагӏалда буго бухӏараб лъел ицц. Советияб заманалда гьениб хӏухьбахъизе рачӏунаан гуржиял, азербайжанал, мадугьалихъ районаздаса магӏарулал ва цогидалги гьалбал. Гьезул гӏемерлъиялъ бакӏалъул халкъалъе рес щолароан бухӏараб иццул лъедаса пайда босизе. 7-10 къоялъ гьабураб хӏамамалъ кумек гьабулаан ревматизм, хондроз ва цогидал рукьбузул гӏузраби ругел унтаразе. Цӏигьабун гӏуцӏиялда цересел соназда бицунеб букӏана гьениб санаторий базе бугиланги, амма гьеб букӏун буго кьучӏ гьечӏеб хабар. Хадубккун «Хунзахъводстрой» абураб идараялъ, Аваро-Кӏахети нух бахъулаго гъегъги бан, бацизабун букӏана бухӏараб лъел ицц. Ицц «тӏад буссинабизе» рагӏиги кьун букӏана рехсараб идараялъул нухмалъулез, амма гьеб чамалиго соналъ гьединго хутӏана ва халкъ махӏрум гьабуна даруяб лъедаса щолеб букӏараб пайдаялдаса. Гьоркьоб заман индал, ицц къачӏана бежтӏадерил гӏолохъабаз. Амма гьанжеги гьенире ине рес щоларо: гӏорхъи цӏунулезул заставаялдаса гьукъула хьвадизе. Гьеб бакӏалдаса хурдул ракӏаризе риччаларого рукӏана ДФИЦалъул «Горный ботанический сад» абураб институталъул гӏалимзабазецин. Ахирги Кьадал росдал советалъ кьураб справкагун, гӏалимзабазе рес кьуна цӏех-рехалъулаб хӏалтӏи гьабизе.\nИнхокъвари\nЦӏумада районалъул Инхокъвари росдада аскӏоб бугеб даруяб ицц лъаларев чи ватиларо магӏарухълъиялда. Араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда Цӏумада районалъулгун гӏорхъода бугеб Цӏунтӏа районалъул Сагьада росулъ хӏалтӏулаго, гьеб иццул лъим гӏемер хӏалтӏизабулаан дица. Дица мухьдахъ ккураб рукъалъул бетӏергьанчӏужуялъ, кванилъ балеб содаги гьечӏого, гьеб лъеда буцараб гӏатӏал гьарулаан татуял хинкӏалги цогидаб квенги. Тӏиндиса хъвадарухъан, Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Гъазиев Расулица абулаан, Инхокъвариялдаса лъим гьекъон, жиндир кванирукъалъул ганчӏалцин ххенолеб хӏал лъугьанилан абун.\nРосдада дандбитӏун, накӏкӏил рохьаз тӏерхьинабураб гӏор бахун добехун бугеб иццалдаса 50 метралъул борхалъуда букӏана унго-унгояб санаторий. Ункъ-ункъ ва щу-щу чиясе бакӏ бугеб 4-5 рукъги, даруяб лъим кин гьекъелебали малъулев 2-3 тохтурги вукӏана. Анкьидаса яги 10 къоялдаса сахлъун рокъоре тӏад руссунаан гьенире рачӏарал унтаралги. Щибаб къойил камулароан лъеда хадур рачӏарал гӏадамалги. Дагьал соназ цебе иццде дандбитӏун бана гӏадамал хьвадизе санагӏатаб кьо.\nЩай нилъер ракьцоял хьвадизе кколел батӏиял регионазул санаториязде? Нилъер бугеб тӏабигӏияб бечелъиялдаса пайда щай нилъеца босулареб? Гьелдаса пайда босиялъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏани, бакӏалъул бюджеталъеги хайир букӏинаан."}
{"slug": "8729-turtsiyal-ul-magiarulazul-g-asda-nak-ital", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8729-turtsiyal-ul-magiarulazul-g-asda-nak-ital", "title": "Турциялъул магӏарулазул гъасда накъитал", "date": "2020-06-22 17:39:38", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "«Мун унтизе ресго гьечӏин, парахат рокъой чӏа», — янги абун, март моцӏ бащалъуде щвараб заманалда, самоизоляциялде йитӏана дун нижер бетӏерав редакторас. Гьалеха, лъабабилеб моцӏ гирулеб буго, тӏегь-хералдеги юссун, Гьидалъ яхчун йигелдаса. Гӏаламалдего рокъор чӏаян ахӏи балеб гьаб заманалда, щибаб цӏияб номералде хъвазе цӏиял-лъикӏал харбалги кирха ратилел. Архивалда хъирщардулаго, тӏаде ккана 2015 соналъ Турциялде гьабураб сапаралдаса цо-цо хъвай-хъвагӏаязде, суратазде. Редколлегиялъул изнуялдалъун, дирго гьеб сапар нужееги рагьизе хӏукму ккана, хириял цӏалдолел. Халатккун цо-цо сапаралъ яхъинчӏого чӏезе кӏолареб хасият буго дир. Турциялде щун йикӏана дагьал церегӏан соназ цее. Даран-базаралъ гуро, гьадинго, тира-сверизе. Гӏарац базе бакӏ лъугӏун ятилинги ккоге, хъвадарулеб къавмалъул цӏикӏкӏараб гӏарац киданиги букӏунаро. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул гӏадат буго нилъер миллат цӏакъго бокьулел гӏадамазе сайгъатал кьечӏого толареб. Щаялиго дунги халлъула гьезда мех-мехалъ. Гӏарцуца хӏалтӏи малъулелъул, дирги хиял ккана, автономиялъ конверталда жаниб лъун кьураб «баркалаялъухъ», жиндие лагълъи гьабизе кколеб къайи- цӏа босичӏого, пикрабазе цӏилъи кьолеб цо сапар гьабизе. Щай Турциялде? Щайгурелъул, дораги гӏемерал магӏарулал рукӏин рекӏелъа унарого букӏун. 2004 соналъ тӏоцебе Турциялде бухьараб сапаралдаса дирго хъвай- хъвагӏаязул хал гьабидал, цӏакъ мукъсанал жал ратана. Дагьаб гӏатӏидго рагьизе бокьана, батӏияб улкаялда ругел магӏарулазул гӏумруялде нуцӏа. Гьелъие гьанже жамгӏиял гьиназулги бергьун кӏудияб кумек буго, чияр ракьалде къисматалъ рачарал магӏарулазул наслуялъулгун гьудуллъи щулалъун гуребги, дирго гӏагарлъи балагьизе квербакъана гьенир ругел гьудулзабаз. Сундулха бицинеб берцинаб Турциялдаса юссарай дица? Къокъго баян кьела – гьенир рукӏарал данчӏваязул, гӏасраби хиса- ниги умумузул ракьалде хинлъи цӏунарал наслабазул, гьеб киналъго гьабураб асаралъул.\nСтамбул\nЩунусгоялде гӏагарун километр нухлулги нахъа тун, Анкараялдаса рахъун дида дандчӏвазе Стамбулалъул аэропорталде щун ратана дир гьудулзаби Яшаргун Асият.\nЯшар – Анкараялда бугеб магӏарулазул жамгӏияб гӏуцӏиялъул цевехъан, Турциялда ругелщинал дагъистаниязул бухьен щула гьабиялъе хӏаракат бахъулев, Ингишосагун Гӏандиса умумузул вас. Асият – гьесул лъади, Бакуялъул университеталда филологияб лъайги щун, гьенибго гӏелмияб хӏалтӏи цӏунарай Къабакъчолиса магӏарулай. Нилъер гӏемерисезда гьей лъала мацӏазул гӏалимчӏужу Асият Тӏинаева хӏисабалда.\nСтамбулалда сордо базе рещтӏана гӏолохъанал рос-лъади Вулкан ва Делтахъ.\nВулкан – Яшарил яцалъул вас, магӏарул мацӏ лъаларев вацӏцӏадав магӏарулав, ралъдал транспорталъул инженер. Делта – туркай, турк мацӏалъул мугӏалим. Битӏахъе хӏайранлъана гьел гӏолилаз чӏахӏиязул гьабулеб адаб, гьезул берцинаб яшав бихьун. Гьездаса разилъи загьир гьабулаго, ункъо-щуго магӏарул рагӏи малъана дицаги радалиде Вулканидагун Делтада.\nЯлова\nСтамбулалде щварав магӏарул чи Яловаялде ваккичӏого чӏей мекъи буго, гьенисаги ун аскӏорго ругел магӏарул росабалъ гьоболлъи бачӏони, гьебги такъсир букӏинарищха. Яшарил машинагун цадахъ, ралъдал кӏудияб гамица щвезаруна, кӏикъоялда анцӏго километралъул манзилалъ гурони Стамбулалдаса батӏа тӏечӏеб, Мармарул ралъдал рагӏаллъуде щун тӏибитӏараб, щобазул каранда пара- халъараб, гьайбатаб некӏсияб шагьаралде.\nМашааллагь, анцӏила цо соналъ цебего дир лъай-хъвай ккарай, Турциялда машгьурав, Дагъистаналда лъалев хъвадарухъан, шагӏир, таржамачи Жахӏбар Барласил, нусиде яхарай эбел ячӏана кавудахъ дандчӏвазе. Жинцаго хьухьарал хинал щватабиги кьуна нижее сайгъаталъе. Къосинчӏеб чӏикӏасезул мацӏ бугоан гьез бицунебги.\nЖахӏбарил рокъоре ниж лъугьун мех балелде, партӏан тӏаде щвана Яловаялъул машгьурал «гӏолохъаби», бакӏалъулал аваразул жамагӏатчагӏи, миллаталъул хӏубал Шигьабудин, Пахрудин ва Жагьид.\n(Жагьид араб соналъ Аллагьасул къадаралде щвана. Алжан насиблъун батаги гьесие).\n— Нужер бицунеб берцинаб магӏарул мацӏалъ дир ракӏалъе кьолеб бугеб рахӏат, рохел, — ин яхъана Асият гьезие рецц-бакъ гьабизе.\n— Вахӏ, ниж магӏарулаллъидалха! — ян аваданго жаваб гьабуна хӏурматияб ригьалде рахунел «гӏолохъабазги». Бахӏсалде сверараб гара-чӏвари ккана Дагъистаналдаги Турциялда- ги магӏарулаз бицунеб гӏурус, турк жубараб мацӏалда тӏасан.\nПахрудин:\n— Анцӏго сон баралдаса нахъе магӏарулал ругеб бакӏалдаса вахъун шагьаралда вуго дун, амма нилъерго мацӏ кидаго бицуна. Мисалалъе, гьанжеги нижеца рокъоб турк мацӏ бицунаро…\nШигьабудин:\n— Цебе гьедин букӏанин абе, Пахрудин.\nПахрудин:\n— Цебеги хадубги батӏалъи гьечӏо бицунев чиясе.\nЖагьид:\n— Я, вац, те! Нилъер лъималазда, лъималазул лъималазда лъалеб бугищ магӏарул мацӏ бицине?\nПахрудин:\n— Буго, дир наслуялда лъала… Валлагь, баркала, битӏахъе паналъана гьезухъ балагьун. Махсаро- хочӏалда чваххун бицунеб магӏарул мацӏ.\nГӏемерал соназ тӏад хӏалтӏун, Дагъистаналъул тарихалъул, магӏарул адабияталъулгун маданияталъул баянал ракӏаризе хӏаракат бахъулеб буго Барласица.\n— Дица цӏияб мина бан буго, гьениб букӏине буго дир кӏикъого сонил хӏалтӏи жанибе бачараб, нилъер тарихалъул, магӏарулазул рухӏияб бечелъиялъул хазина данде гьабураб кӏудияб библиотека. Гӏезегӏан харжал гьаруна гьеб бакӏарулаго, гӏуцӏулаго. Гӏарац хӏажатаб жо буго, амма щибаб жо гӏарцуца борцине бегьуларо. Иншааллагь, гьеб нужедаги бихьила. Мурадги буго, Турциялда гӏолел нилъер наслабазда Дагъистан лъай. Гьеб рахъалъ умумуз нижее гьаниб щибго ирс тун батичӏо,- ян бицана гьес.\nШагьар бихьизе ячинчӏого гьез гьобол телищха, тирана «Махӏачхъала» паркалда, лъалхъана гьенир имам Шамил ва Расул Хӏамзатов ракӏалде щвеялъе лъурал бюстазда цере.\nКъадекваназе ана, шагьаралъул мэриялда цебе бугеб, магӏарулгун даргиязул би жубарай Гӏабдулмукъсимил яс Патӏиматил ашбазалде. Гьенибги, цо-цоккун рачӏун, саламатаб магӏарул годекӏан лъугьана. Ашбазалъул хважаиналъги лъим гӏадин бицунеб бугоан магӏарулгун дарги мацӏ. (Гьелъги салам битӏана жиндир умумузул ватӏан — Къулецӏма ва Хважалмахьи росабазул жамагӏатазде.)\nБакӏ чияр бугониги, чагӏи нилъерго ратана. Бакӏги чиярин кинха абилеб, сверухълъиялъго Дагъистан ракӏалде щвезабулеб букӏиндал.\nЖиндир чӏужу Мадиналгун лъай- хъвай гьабичӏого бегьуларинги абун, Хӏажимурадин абурав, черкесазулгун би жубарав вугониги, живго дагъистаниявлъун рикӏкӏунев, цо къаппарав бихьинчияс хъамуна рокъоре. Мадина ятана, Россиялдаса ячарай, черкесай. Кутакалда йоххана гьей гӏурус мацӏалъ кӏалъазе лъалел ясал (Асиятги дунгиха) рачӏиналдаса. Хӏажимурад вугоан дунялалъул гӏемерал фестивалазда гӏахьаллъарав, Америкаялъулгун Израгӏилалъул ракьалда Кавказалъул бакънал рачарав, искусствоялъул бутӏаялда машгьурав махщелчи. Нижееги рачана аргъаналда, жинцаго гьарурал, пашманал бакънал. Гьел ругоан, Кавказалдаса гочун Турциялъул ракьалде рачӏунел умумул ракӏалде щун хъварал, бадиб магӏу хулизабулел бакънал. Гьеб магӏу данделъаразул цохӏоязниги, бахчичӏого, чваххизе тана.\nГьанже росабалъе щвезе инилан, ниж тӏаде рахъиндал, Хӏажимурадица, угьунги биччан, абуна:\n— Валлагьги, нилъер Гуней росу турказул росдаде сверулеб буго, магӏарулал гьенир цӏакъ дагь руго, — ян.\nАнцӏго къоялъул сапаралъул ва гьенир дандчӏварал анцӏ- анцӏ магӏарулазул жакъа бицун лъугӏиларо. Бищунго интересаб, Анкарагун Стамбулалда бихьа-рагӏараб жо, гьенир магӏарулаз цӏунарал абиял, кици-биценал хадусел номераздаги кьела, ин ша Аллагь."}
{"slug": "8731-og-bukiarab-l-ikiab-zaman", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8731-og-bukiarab-l-ikiab-zaman", "title": "Огь, букӏараб лъикӏаб заман…", "date": "2020-06-23 05:17:08", "categories": ["pismo"], "text": "1958-1959 цӏалул соналда дун ана Начада росдал школалда цӏализе. Гӏемер ракӏалде щола, байбихьул классалде вачӏиндал букварьги кьун, цӏализе ва хъвазе малъарай гӏурус учительница Таня (фамилия кӏочана). Гьелда цадахъ рикӏкӏадаб Россиялдаса нижехъе ячӏун йикӏана жеги лъабго учительница. Кӏочон толаро, дун захӏматго унтараб мехалда, нижехъе рокъоеги ячӏун, Нина абурай учительницаялъ, жиндирго ботӏродасаги бахъун шал дир горбода жемараб ва, ахӏиги бахъинабун, дун больницаялде хехго щвезавураб къо.\nПионераллъун рахъараб мехалда нижер дружина бикьана отрядазде ва звенобазде. Гьенир тӏоритӏулаан батӏи-батӏиял конкурсалги хӏаялги. «Будь готов!» – «Всегда готов!» абурал жалги малъана гьез. Комсомолалъул гӏумруялде щведал, тӏадчӏун лъазабизе кколаан Устав ва цӏалулъги гӏадлуялъулъги хӏаракаталлъун рукӏинеги школалъул жамгӏияб гӏумруялда гӏахьаллъизеги кколаан.\nБицина дирго гӏумруялда ккараб цоги лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъги. Росдал школалда хӏалтӏулаго, дица цадахъго гьабулаан комсомолалъул гӏуцӏиялъул хӏалтӏиги. Гьединаб дир хӏаракатчилъиги бихьун, комсомолалъул райкомалъ дие кьун букӏана Россиялъул церегосел ва берцинал шагьаразде сапаралъ ине рес кьолеб «По золотому кольцу» абураб путевка. Гьедин сапар бухьана дица Ярославль областалъул Ростов Великий шагьаралде. Путевка букӏана «Спутник» абураб Халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул централъул гӏуцӏиялъул рахъалдаса кьураб. Ярославлялда ниж лъикӏ къабул гьаруна. Гьенире щун ратана тӏолабго Совет Союзалдаса гӏолилал (комсомолал).\nДоб мехалда бихьаралъул бицун хӏал кӏвеларо, хӏалтӏи гӏуцӏун букӏун буго кутакалда берцинго. Рачунаан аскӏор ругел шагьаразде ва музеязде. Ракӏалда хутӏана Петр I-сесул, Иван Грозныясул музеял, машгьурав хъвадарухъан Алексей Некрасовасул рукъ, Волга гӏурул рагӏалда аскӏоса гӏебеде ругел гӏемерал шагьарал ва цогидалги берцинал бакӏал.\nНижер туристазулаб къокъа бикьун букӏана кӏиго секторалде: культмассовиябги спортивиябги. Анкьго къо Ярославлялдаги бан, нижер цо къокъа ана Москваялде, кӏиабилеб – Ленинградалде. Москваялда «Турист» гостиницаялда бана анкьго къо. Щвана Багӏараб майданалде, Мавзолеялде. Кӏиго сагӏаталъ иргаялдаги чӏун, вихьана Ленин, Кремлялъул къадал, «Царь Пушка» ва цогидал бакӏал. Гьенир сураталги рахъун, ниж тӏад руссана. Гьединго ниж рачана Москваялъул тарихияб кӏвар бугел ва берцинал бакӏал рихьизе.\n1990 соналда дун восун вукӏана КПССалъул членлъиялде. Партбилет дихъе кьолаго, партиялъул райкомалъул секретарас абуна: «Партиялъе бищунго захӏматаб заманалъ вачӏунев вуго мун нижер кьеразулъе, кьеги дуе икъбал ва сахлъи», — ян. Амма гьесул гьари къабуллъичӏо.\nБиххана СССРги, нахъе ккана дирго сахлъиги. Гьанже гӏемер пикраби гьарула добги гьабги заманалъулги, арабги жакъасебги гӏумруялъулги ва пашманлъизе бачӏуна. Кин букӏаниги, лъикӏаб букӏана советияб заман."}
{"slug": "8732-rukhiiyab-bertsinl-iyal-ul-rasenal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8732-rukhiiyab-bertsinl-iyal-ul-rasenal", "title": "Рухӏияб берцинлъиялъул расенал", "date": "2020-06-23 05:40:52", "categories": ["insan"], "text": "Бигьародул гъотӏол сариналъухъ\nХӏалтӏудаса хадуй шагьаралъул паркалде арай дие роол хӏикматаб асар гьабуна хӏанчӏазул панаял бакъназги, гьел бакъназухъ гӏенеккун машгъуллъун ругел гӏолилазги, гӏолилазухъ хӏасратго балагьун бугеб рокьиялъги. Ццидалаб унтуца жанире къотӏун рукӏарал гӏадамазул цӏун букӏана парк. Киса-кибего – сунтӏун хӏалхьолареб талихӏалъул махӏ. Паркалда скамейкаялда гӏодой чӏарай диде аскӏоре рачӏана цӏикӏкӏараб ригьалъул рос-лъади ва гӏодор чӏана. Цоцазул квералги ккун рачӏунел гьезда щаялиго бахиллъизеги бачӏана. Гьез цоцазе бицунеб букӏараб тамашаго хӏеренаб мацӏги. Цоцазе цӏакъ берцинго гьимулелги рукӏана гьел. Лъадул ботӏродаса хъущтӏун араб кӏазги битӏа-бишизабуна росас, гьелъул хъахӏлъараб бетӏералда квералги рахъана гьес. Цоцаздехун гьезул бугеб недегьлъиялъухъ ялагьидал, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана. Гӏунсбиги релълъарал ругоан гьезул. Гьелъие мороженое босизеги ана гьев. Гьелъухъа цо-цо гордеялде чвахулеб гьебги бацӏцӏунеб букӏана гьес. Гьесул хӏеренлъиялдасаги тӏалабалдасаги дагьайго нечолейги йикӏана гьей.\nДие тӏаде яхъинецин бокьун букӏинчӏо. Тӏехь цӏалулеб ххвелги гьабун, балъго гьезул накъиталъухъ гӏенеккун чӏана дун. Унго-унгоги, гьеб дандчӏваялъ дие гьабун тараб асар!\nБигьародул гъотӏол «гӏазуги» квераз кколеб букӏана гьес. Гьейги цӏакъ йохулей йикӏана гьеб гӏазу- хъупалдаса. Цинги гьез ракӏалде щвезабуна жидерго тӏоцебесеб лъай-хъвай. Гьале гьаб гъотӏокь тӏирщун буго гьезул тӏоцебесеб рокьи. Ва санайил, бигьародул гъотӏол хъупалъ хӏасратал саринал рачине лъугьунеб заманалда, гьел щолел руго гьеб гъотӏохъе. Ва гьелъ цӏидасанги гӏолохъанлъиялъул халича тӏибитӏулеб буго гьезул къисматалда гъоркь. Цинги гьалъиеги гьасиеги цӏидасан гьимулеб буго доб талихӏаб лахӏзат.\nЦо заманалдасан гьазде аскӏое ячӏана гьанжего гьанже ботӏрол расазда саву кколеб бугей, гӏолохъанлъиялъул нур берцинаб гьурмадаса жеги свине ракӏалдаго гьечӏей чӏужугӏадан. Гьелда цадахъ гьитӏинай ясги йикӏана.\nДахӏабаба, дахӏадаянги ахӏдолаго, яс гьезда хурхун чӏана. Дой чӏужугӏаданалъ гьезие рачӏана цӏурачадалги. Гьезул цо-кӏиго мочӏу диеги щвана. Гьей гӏаданалъ херазул гьабулеб адаб бихьун, дица тана гьей гьезул яс ятилилан. Амма гьей йикӏун йиго гьезул нус.\nГьезул рукӏун руго цо васги цо ясги. Васасул машинаялда рекӏун унел рукӏарал гьел, авариялдеги ккун, хун руго. Гьездаго цадахъ хун вуго дурцги. Ясалъул цо вас хутӏун вуго нахъе. Васасулги цо яс йикӏун йиго. Васги ясги хун, жалго ялгъузго хутӏарал гьел аскӏоре рачун руго нусалъ.\nДолдаса нахъе ун буго чанго сон. Нусалъ хъулухъги гьабун ругел гьезие бигьалъана къисматалъул бакӏаб гьир баччизе. Цо дагьаб мехалъги паркалдаги тира-сверун, талихӏаб хъизан, рухӏияб берцинлъиялъул расеналги дир рекӏелъ расун, рокъоре ана… Гьел гӏедегӏун унел рукӏана нусалъ талихӏалъул цӏа свинеб течӏеб гъасде.\nИнсул дарсал\nЗаманалдасан дун яхъана тӏаде. Амма бухӏун щвараб бакъалъги бакъудаса гӏорцӏуларого бугеб тӏабигӏаталъги цодагьалъги лъал- хъейилан щурулеб букӏана. Диегоги цо гьедигӏанго бокьун букӏинчӏо рокъое лъутизе. Рагӏдукье ккараб скамейкаги балагьун, гьений гӏодой чӏана. Ва цӏалулеб букӏараб тӏехь лъугӏизабизе жуяна. Дун тӏуркӏизаюна релъа-рохун рачӏунел гӏолохъанал рос-лъадул гьаркьаз. Гьанжего гьанже гьабураб гӏадаб лъимерги букӏана коляскаялда. Дандбитӏун бугеб скамейкаялда гӏодор чӏана гьел. Дол хераз гьабураб берцинаб асар жеги лъугӏичӏей дие бокьана гьел талихӏал гӏолилазухъ гӏенеккизеги.\nГьез лъимадуе бицунеб букӏараб берцинаб мацӏги, беэдулеб букӏараб куцги! Ирга щоларого рукӏана гьел, лъимер кодобе бачинеги, зобалазде гьелб цӏабуцӏинабизеги, гьелъул гьимиялъ куркьбал гъолел рукӏана эбел-инсул талихӏалда. Гьеб гьимараб мехалда, биччан гьаракьгун релъулелги рукӏана гьел. Лъимер гӏодизе лъугьарабго, рихха-хочиги лъугьунеб букӏана.\nТӏокӏабги берцинабищха ракьалда талихӏ букӏунеб – эбелги эменги ва гьезул талихӏалъул кӏуллъун кколеб гьитӏичги! Эбелалде иргаго щвезе толеб букӏинчӏо инсуца, кечӏгицин ахӏулеб букӏана гьес лъимадуе. Гьеб гьаракьалъ гьеб лахӏзаталъ пана гьабун букӏун батила сверухълъиго. Лъикьаниги нечечӏого, гӏисинккун лъимер кьижизабизе ахӏулеб гьеб кечӏалъулъ букӏана цӏакъго цӏакъ берцинаб ва эбелалъулалдаса батӏияб талихӏ. Инсул талихӏалъул махӏ батӏиябгӏаги букӏунеб батила.\nГьесул кинидахъ кечӏ боржунеб бугин кколеб букӏана зобалалзде, Тӏадегӏанасухъе, жиндир лъимер цӏунейилан гьаризе.\nЦо заманалдасан ахӏдана гӏолохъанав инсул телефон. Ва гьес, цо кӏудияб гъираго гьечӏого, жаваб кьуна. Гьесул жавабалдасан бичӏчӏулеб букӏана телефоналдасан кӏалъалев чи гьесул эмен вукӏин. Щаялиго дир пикраби кьерхана. Ракӏги цӏунцӏрахун ана. Бугониги, ракӏалде ккана дагьалъги лъалхъизе. Васас инсуда абуна жал паркалда ругилан. Бокьун букӏана талихӏав инсул талихӏкъарав эмен вихьизеги…\nКватӏичӏого тӏаде щвана магӏарухъа васасде щвезе вачӏунев эмен. Росдал къагӏидаялъ гӏадатго ретӏа-къарав гьев рекӏее гӏечӏо шагьаралдаса чӏухӏухъаналъе. Гьелда бихьулеб букӏараб къоги коляскаялда жаниб кьижун ккараб лъимералъухъ валагьизе вакьад виччаларого.\n— Къаси вачӏа вас вихьизеги, ниж гьанже гьоболлъухъ ине руго, къасиги дагьалъ хехго вачӏа, нижер цоги ине кколеб бакӏги буго, мунгоги рукӏкӏиналде хехго тӏадвуссине вукӏине, — ян лъазабуна дагьаб цебегӏангицин жиндирго гьитӏичие талихӏалъул кечӏ ахӏулев вукӏарав гӏолохъанав инсуца жиндирго инсуда.\nЛъималазе росарал сайгъатазул цӏураб пакетги кодобго кковухъе, васас цогиги хъачӏаб рагӏи абилалде, эмен цевеса ана. Инсул хъачӏлъиялъухъе кьижараб лъимерги борчӏана. Гьеб гӏодизе лъугьана. Кигӏан эбел-инсуца лъикӏаб бицаниги, гьеб гӏодобе биччазабизе кӏолеб букӏинчӏо. Гьеб хӏинкъун батизе буго инсуца жиндиего кьурал тӏоцересел дарсаздаса.\nЦо заманалдасан роцӏун букӏараб зобги чӏегӏерал накӏкӏаз бахчана, бакъги къанщун ана, хӏанчӏазул сариналги къотӏана, зобалазги байбихьана тӏухьигӏан бакӏаб магӏу ракьалде битӏизе. Гьеб цӏадалъ йиччулей йикӏинцин лъалеб букӏинчӏо дида. Инсуда рокъове вилълъайилан абизе бихьинчилъи гӏечӏев, гьев вачӏиналдаса рохелги загьир гьабизе лъачӏев гӏолилас жиндирго лъима- дуе ахӏулеб букӏараб доб хӏайранаб кечӏ сверухълъиялдаго магӏулъун щущанин кколеб букӏана.\nМагӏарухъа вачӏарав инсул хадусеб къисмат дида лъаларо. Амма, васас бекизабураб рекӏел кескалги рищулаго арав гьев, гьеб сордоялъ васасухъе анадайилан абурал пикрабаз жакъаги рахӏат толеб гьечӏо дие."}
{"slug": "8734-l-imer-gabungutiiyalde-rachine-begula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8734-l-imer-gabungutiiyalde-rachine-begula", "title": "Лъимер гьабунгутӏиялде рачине бегьула", "date": "2020-06-23 06:35:42", "categories": ["med"], "text": "Гьорорал хӏатӏал, понцӏон рачӏарал бидурихьал, гьоркьо-гьоркьоб рукӏкӏунел ччорбал – гьединал гӏаламатал рукӏуна варикозалъул унти бугони. Гьезде кӏвар кьечӏого теялъ сунде рачине бегьулеб? Бидурихьал гӏатӏилъарал чагӏазе операция кин гьабулеб? Гьел ва цогидал суалалгун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна рекӏелгун бидурихьазул унтабазул тохтур-хирург, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул отличник Ислам Албуриевасулгун. — Ислам, варикозалъул унтийин щиб унтуда абулеб?\n— Инсанасул махӏабазда ва хӏатӏазда ругел бидурихьазда жанир рукӏунел клапанал тартибалда хӏалтӏунгутӏиялъул хӏасилалда, би хьвадиялъул низам хвеялдалъун, лугбуздаса рекӏелъе би унел бидурихьал гӏатӏилъиялда варикознияб унтийилан абула. Жакъа гӏемерисеб хӏалтӏи, квераз гуреб, бетӏер хӏалтӏун гьабулеб мехалда, нилъеца черх кӏвекӏуларо. Гьединлъидал гӏемерисел гӏадамал гьеб унтуца унтунги руго. Жиндир заманалда унти сах гьабичӏого теялъул хӏасилалда, сакъатлъула унтаразул 10-15 процент.\n— Кинал рукӏунел варикозалъул тӏоцересел гӏаламатал?\n— Хӏатӏазда яги махӏабазда нилъедаго рихьула гарцӏал гӏадал, къватӏире кӏанцӏарал бидурихьал, гьезда сверухъ бакӏ букӏуна цӏахӏиллъун. Хӏатӏал унтула, свакала, гьорола ва бакӏлъун лъугьуна. Гӏалимзабазда мухӏканго лъалеб гьечӏо гьеб унти ккеялъе бугеб аслияб гӏилла. Цо-цояз абула гьеб бугила бохдузде хӏал ккеялъул хӏасилилан. Цогидаз — бидул тӏадецуй цӏикӏкӏин.\n— Инсанасул сахлъиялъе ва гӏумруялъе гьелъул кинаб хӏинкъи букӏунеб?\n— Варикозалъул бицине гӏураб хӏинкъи букӏунаро, амма хӏинкъи букӏуна гьеб цӏикӏкӏиналъул, ай захӏмалъиялъул. Масала, би бакъваялдалъун, бидурихьалда жаниб горо лъугьани, гьеб къварилъула ва би хьвадиялъе квалквал букӏуна. Гьединго, гьениб тӏун араб горо бидул чвахиялда цадахъ гьуъразул артериязда жанибе ккеялдалъун, унтарал чагӏазул 80-85 процент хола. Ахирал соназда гьединал лъугьа-бахъиназул къадар лъалаго цӏикӏкӏунебги буго.\n— Унти лъил цӏикӏкӏун букӏунеб: бихьиназулищ яги руччабазулищ?\n— Руччабазул. Щияй ункъо чӏужугӏаданалда гьоркьоса цоялъул гьеб унти батула. Хӏинкъи букӏуна лъимаде йигей ва лъимер гьабурай гӏадан варикозалъ унтиялда. Амма, дараби хӏалтӏизарун яги цӏан рачӏунел щватаби ретӏун, гьелдаса цӏуна-къай гьабизе бегьула. Бихьиназул гьеб къанагӏат букӏуна, гьебги гӏага-шагарго, 30 сон бан хадуб тӏатуна.\n— Гӏатӏилъарал бидурихьазе операция гьабидал, гьениб гӏуж хутӏулищ?\n— Бичча-бихъан тараб унтуе операция гьабизе ккола ва сахлъиялъе гьелъул кинабгӏаги хӏинкъи букӏунаро. Жакъа гьединал операциялги гьарула кӏванагӏан гьитӏинаб бакӏги къотӏун яги борлъун бахъараб картӏинисан. Гьединлъидал, операция гьабураб бакӏалда гӏужги хутӏуларо.\n— Гьеб унтудаса цӏуниялъе кинал тадбирал гьаризе кколел?\n— Дунялалъул халкъалъул 15 процент варикозалъ унтун буго. Дагъистаналда гьединазул къадар 20- 25 проценталдасаги цӏикӏкӏуна. Гӏилла – нилъер гӏадамаз захӏматаб хӏалтӏи гьабулеб букӏин ва, унтул гӏаламатал тӏатаниги, цӏакъго тату хвараб хӏалалде ккечӏого, тохтурасухъе унгутӏи.\nТохтурзабаз абула рагъа-рачариялъ, ай черх лъадариялъ хисулин киналго дараби, амма цониги даруялъ хисуларин рагъа-рачари. Гьелъухъего, варикозалдаса цӏуниялъе тӏадчӏун гьабизе ккола сахаб гӏумру. Нагагь унти тӏатани, чара гьечӏого ретӏила цӏан рачӏунел щватаби.\nВарикозалъул унти ирсалъе щварабги букӏине бегьула. Амма, цудунго тӏатинабуни ва тӏадчӏун сах гьабуни, захӏматаб хӏалалде ккеялдаса рорчӏизе кӏола.\nЭхетун хӏалтӏизе кколев чиясул махӏабазул ччорбал хӏалтӏуларо ва гьениб би чӏун хутӏула. Гьединлъидал, чара гьечӏого, зама-заманалдасан рагъа-рачаризе ккола.\nГӏемераб заманалъ цого бакӏалда кӏусун вукӏиналъул кӏудияб къварилъи букӏунаро, амма бохалде бох бахинабиялъ би хьвадиялъе квалквал гьабула. Кьаралъиялъги махӏабазде хӏал ккезабула. Гьединлъидал, гьеб унтиялда хӏинкъи бугезе лъикӏаб буго цӏан рачӏунел щватаби ретӏи.\n— Варикоцелий бугел бихьинал лъимал гьарулареллъун лъугьине бегьулин абулеб жо битӏараб бугищ?\n— Варикоцелий ккола бихьиназул жинсияб лагаялда аскӏосан унеб бидурихь гӏатӏилъи. Бихьиназул 15-20 проценталъул гьеб унти букӏуна. Гьеб жеги цӏикӏкӏун букӏуна рахӏаталда ругел бихьиназул. Унти тӏатуна гӏолилазул ригьалда ва сах гьабула операция гьабун. Эбел-инсуда тӏадаб буго балугълъиялде вахарав жидерго вас урологандрологасухъеги вачун, гьесул жинсияб лагаялъул сахлъиялъул хал гьабизе."}
{"slug": "8735-dungi-inchioni-tsogi-shchiv-inev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8735-dungi-inchioni-tsogi-shchiv-inev", "title": "«Дунги инчӏони, цоги щив инев?»", "date": "2020-06-23 08:12:45", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъ байбихьулеб буго, коронавирусалде данде къеркьолаго гӏумруялдаса ратӏалъарал, медицинаялъул хӏалтӏухъабазул хӏакъалъулъ хъвазе.\nГӏаммаб куцалда Россиялда гьезул 190 чи хванин хъвалеб буго интернеталда. Мухӏканлъи жеги лъаларо. Гьединго чӏванкъотӏи гьечӏо Дагъистаналда хваразул рахъалъанги. Цояз 40-йин, цогидаз 50-йин рехсолел руго тарихал.\nКин батаниги, гьезул цояй ккола 28 апрелалда Аллагьасул къадаралде щварай Гъуниб районалъул Шангъода росулъа Патӏимат Асхӏабова.\nЖийго хӏалтӏулей йикӏараб больницаялда хвасар гьайизе бажаричӏо гьей. Махӏачхъала шагьаралъул кӏиабилеб больницаялъул медсестра кколаан Патӏимат.\nНижеца гара-чӏвари гьабуна гьелъул яц Гӏайшатилгун.\n-Дир яц Патӏимат медучилищеялдаса хадуй цин Хӏебда больницаялда хӏалтӏана кӏиго соналъ. Гьелъул рос вуго Шамил районалъул Гьолокь росулъа.\n1995 соналда, Махӏачхъалаялдеги гочун, шагьаралъул кӏиабилеб больницаялда реанимациялъул отделениялда медсестралъун хӏалтӏизе байбихьана гьелъ.\nАхираб чанго сон букӏана Патӏиматил диагностикаялъул отделениялде ячӏун. Пневмониялъги унтун, реанимациялда хӏалтӏизе захӏмалъана гьелъие. Хадуй Москваялдеги ун, сахги гьаюна. Амма диабет букӏана гьелъул.\nГьединлъидал нижеца гьелда кутакалда гьарана, гьаб коронавирус тӏибитӏизе байбихьидал, хӏалтӏудаса гӏодой чӏаян. Росасги гьарулеб букӏана гьединго.\nПатӏиматица цо къоялъ жиндирго сурат битӏун бачӏана дихъе. Гьеб мехалда дица гьелда абуна: «Я, дир яц, гьеле гьеб респираторги бан, цоцӏул гурони лъезе бегьулареб чепчикги, гьединабго халгӏатги ретӏун мун щиб гьабулей гьений? Дур беразухъ балагьун, мун гьанжеялдего унтун йикӏин йихьулей йиго дида», -ян. Мун гӏадинал хӏалбихьи бугел хӏалтӏухъабиги ритӏичӏони, жидеца щалинха унтаразда аскӏоре ритӏилелин абун буго гьелда.\nЛъалароха, Аллагьасул къадарги букӏун бихьуларищха гьединаб…\n«Багӏараб зонаялда» тӏатӏалаго микьго дежурствоги гьабун, рокъое ячӏана Патӏимат. Дагьаб хӏал хисизе байбихьун бугоан гьелъул. Амма букӏаниги, росулъе зигараялъ инеги хӏадурулей йикӏана гьей. Гьеб мехалда нижер росулъ гӏолохъанав вас хун вукӏана. Битӏун къватӏие лъугьине хӏадурулаго, гьелъ ясалда абун буго жиндир цӏа-кан бахунеб бугилан. Гьедин ункъо къоялъги егун, щуабилеб къоялъул къасиялдехун Патӏимат кутакалда унтана. Гьеб мехалда хъамуна жийго хӏалтӏулеб больницаялде.\nСатурация 76 процент абун бихьизабун бугоан (бидулъ кислородалъул букӏунеб къадар. Сахав чиясулъ гьеб 94 проценталдаса дагь букӏине бегьуларо – ред.).\nНахъисеб къоялъул радал, сатурация 43-ялде ккедал, ячун йиго ИВЛалъул аппаратги бан реанимациялде. Амма гьеб мехалде гьелъул хӏал дагьлъунго букӏараб къагӏидаха. Гӏадалнахул гипоксия (кислород дагьлъи) лъугьун батана гьелъул.\nГьедин 28 апрелалъул маркӏачӏуда къадаралде щвана гьей…\n— Чорхол хӏал хисизе байбихьарабго щайдай гьей больницаялде инчӏей?\n-Нижеца киназго гьебго жо абулеб букӏана гьелда. Нижер кӏудияв вацги тохтур вуго. Гьарана… Амма гьей чӏана жиндир ясги тохтурлъиялъе цӏалулей йигелъул, гьелъ гьариларищин жиндие уколал. Гьединго жий гьедигӏан кутакалда унтун гьечӏин, жиндасаги захӏматал чагӏазул цӏун ругин гъора палатаби, гьездаса унти жиндеги бахине бегьулила.\nТӏадежоялъе гьуърузул КТ-сурат бахъун хадуб цо тохтуралъ гьелда малъун буго реамбериналъул капельницаби гьарейилан. Амма гьелъие гьеб гьабизе бегьулеб букӏун гьечӏо (пневмония бугел чагӏазул гьуърулъе дагьабги лъим бакӏарулеб рагӏула реамбериналъ).\nВаллагь, ясалъги гьабунаха гьелда хадуб кутакалда хъулухъ. Амма, гъоб диабет букӏиналъ, йорчӏизе кӏвечӏо гьелда.\nЦӏияб вирус букӏиналъ, щиб дару гьелда данде гьабилебали лъаларогоги хутӏун ратила байбихьуда тохтурзаби. Гьединго, жалго цӏуна-къаялъе ретӏунеб ретӏелги бихьулеб букӏинчӏо гьезда тӏад. Нижеца больницаялъул азбаралъурги чӏун ахӏулаан яцалда хадур хъулухъ гьабулел медиказде щиб-кин бугебан. Гордуги рагьун, гӏадатиял халгӏатазда гъорлъ раккулаан гьел къватӏире. Вай, нужер форма киб бугебан ахӏулаан дица…\nГьанжени киназего щвечӏищха гьел комбинезоналги очкабиги. Доб мехалда рукӏинчӏо гьел.\n… Гъоркьгоги загӏипай мун гьанже гьаб хӏинкъи цӏикӏкӏараб мехалда хӏалтӏуде яхъинчӏониги бегьуларищин чӏолаан дун гьелда. Дунги дир росги хӏалтӏулел гьечӏин, ниж ракъун хутӏун гьечӏо гурищилан. Гьеб мехалда лъугьунаан гьей мун медик гурелъул, дуда бичӏчӏуларин гъоба (больницаялда) бугеб хӏал. Жийги инчӏони, цогидалги рокъор чӏани, унтараз щибила гьабизе бугеб.\nАмма жийго гьедин хӏалтӏизе аниги, ниж цӏунизеги хӏаракат бахъулаан. Дун росулъ йиго унтарав вацасе хъулухъги гьабун. Гьединлъидал жиндихъе ячӏине ккеларила, мун вацасда аскӏой къваригӏунила, эбелалъухъеги тӏаде-гъоркье щвезе кколила. Къваригӏани, телефоналъ ахӏаниги гӏелила.\nУнти тӏибитӏизе байбихьараб заманалда гьелъ гӏагарлъиялъухъе битӏараб аудиоги буго вацапалда цӏунун. Гьениб гьелъ ракӏунтун бицунеб буго больницабазда бугеб хӏалалъул, гьарулеб буго къватӏире рахъинчӏого чӏайин.\nНижер нусги йиго гьебго больницаялда хӏалтӏулей. Гьелъ бицунаан, реанимациялда хӏалтӏулеб мехалда, гьенив щив хваниги, гӏодойги йикӏун, гьезул гӏагарлъиялда цадахъ гӏодулаанила гьей. Жал ругьунлъун рукӏанила гьелде.\nКутакалда ракӏ лъикӏай, кьибил-тухумалда, хъизаналда хадуй холей гӏадан йикӏана мунагьал чурад.\nКватӏичӏого кӏиго лъагӏел бала нижер эмен хваралдаса. Гьебги захӏмалъун букӏана гьелъие. Лъабавго вацасул цояв – бищун гьитӏинав -вуго гьабсагӏаталда горбол гьодги бекун. Гьесда хадубги ракӏ унтун йикӏана гьей. Вацасе щвечӏого, жинцаго кванан жо эхебе унарилан абулаан гьелъ. Рес кканщинахъе росулъе гьесде яккизеги ячӏунаан.\nУнго-унголъунги гьеб хӏалтӏуе йижарай гӏадан йикӏана гьей, больницаялда хӏалтӏизе гьитӏинаб къоялдасаго анищги бугей. Гьанже гьеб анищ гьелъул ясалъ тӏубалеб батила -медакадемиялда ункъабилеб курсалда цӏалулей йиго гьей."}
{"slug": "8736-giorkh-abi-raganigi-giorkh-ichivayal-khutiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8736-giorkh-abi-raganigi-giorkh-ichivayal-khutiana", "title": "Гӏорхъаби рагьаниги, гӏорхъичӏваял хутӏана", "date": "2020-06-23 08:22:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 июналдаса байбихьун республикаялда гӏорхъичӏваялъул низам дагь-дагьккун нахъе бахъизе байбихьана. Амма ахӏвал-хӏал хӏалуцани, гьеб хӏукму хисизабизе бугин, гьединлъидал гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьаби заманаялъе гьабураб тадбирлъунги ккезе рес бугин лъазабуна гьал къоязда республикаялъул «Роспотребнадзоралъ».\nТӏоцебесеб иргаялда, хӏалтӏизе риччана парикмахерскиял, ретӏел чурулел бакӏал, хӏамамал, батӏи-батӏияб къайи-цӏа бичулел тукаби ва гьел гурел цогидалги бакӏал.\nГьединго шагьаралъул ахикье тира-сверизе ва ралъдахъе инеги риччана гӏадамал.\nКарантиналъул тӏоцебесеб бутӏа нахъе бахъун хадуб шагьаралда букӏараб ахӏвал-хӏалалда хадуб хал ккуна нижеца.\nБице, Каспиялъул карачалаби…\nРадалго ралъдахъе гӏезегӏан чи вугоан вакӏарун. Чвердезе гӏащикълъун рукӏарал лъималазул разияб релъи-хъуй букӏана, цоцаде лъим чвалхи гьабулел цӏикӏкӏаразул чвердолел чагӏи гӏемер рукӏинчӏо.\n-Ралъдахъе тира-сверизе риччаниги, чвердезе жеги бегьуларин, гьукъа-къаял лъазарун ругин абулеб буго гьаниб, -илан бицана карачалабазухъ балагьун, пикрабазда йикӏарай цо гӏолохъанчӏужуялъ. «Роспотребнадзоралъ» гьукъун буго гьеб. Гьезни щибаб соналъ гьабула гьедин. Амма, ралъдахъе риччан хадуб, чвердечӏого нилъер гӏадамал киса чӏолел?\nПолициялъул хӏалтӏухъабиги рукӏана, мугъалда нахъе квералги ккун, мухӏканго ралъдахъе рачӏунел унел гӏадамазул хӏисаб гьабулел.\nРеспубликаялъул Миллияб библиотекаялда цебе бугеб шаурма бичулеб бакӏалда цебеги лъикӏаланго читӏир бугоан гьеб босизе иргаялда чӏаразул.\n— Кигӏан лъикӏха ккараб нуж хӏалтӏулел рати, битӏахъе, урхъун йикӏана гьаб кӏиябго моцӏгун бащдалъ нужер шаурмаялъухъ, -илан йохун йигоан цо гӏадан.\nГьениб аскӏобго, кванил нигӏматал ричулеб тукада, кӏудияб чӏаголъи букӏинчӏо.\nКарантин лъазабун букӏаниги, жидер тукен сордо-къоялъ чӏечӏого хӏалтӏулеб букӏанин бицана йичарухъаналъ: «Гӏорхъичӏваялъул низам нахъе бахъаниги, дида гьелъул цо лъалеб батӏалъиго халлъичӏо», -ян абуна гьелъ.\nАттестаталда хадув\nШколалъул библиотекаялде тӏахьалги нахъе кьун вачӏунев Махӏачхъалаялдаса Амирица гьадин бицана гӏорхъичӏваял дагь гьариялъ жиндиего гьабураб асаралъул:\n— Кӏиго моцӏгун бащдаб заманалда жакъа гурони дун шагьаралде вахъун вукӏинчӏо. Цӏалул тӏахьал нахъе кьезе ун вукӏана школалде. Гьел тӏад руссинаричӏони, аттестатал кьезе гьечӏин лъазабуна школалъул нухмалъиялъ. Метер-сезе щвезе ккола гьебги.\nКарантиналъул низам хвезабичӏого, чӏахӏияз малъарабги гьабун, рокъов вукӏана дун. Тӏахьал цӏалун, телевизоралъухъ валагьун. Дидаго тӏад хӏалтӏун инабуна заман. Цебе дирго квер щолеб букӏинчӏеб, нахъе тӏамун букӏараб чанги жоялъе заман батизе кӏвана. Чан пайдаяб тӏехь букӏун бугеб дица цӏаличӏого тун, -ан.\nПарикмахерскиялгун кафеял…\nКаспийскиялда бугеб парикмахерскиязул цоялда гӏадамал къабул гьаризе байбихьун бугоан 16 июналда.\nЖакъаго-жакъа яхъанин жий хӏалтӏудеян бицана гьелъул хважаин Зумрутица.\n— Цо, ялъуни кӏиго чи гурони жанир рукӏине бегьуларилан шартӏалги лъун ругин хабарги щвана дихъе. Хал гьабулел чагӏи ругин терелел, цӏодорго йикӏайилан ахӏун бачӏана ишцоялъ.\nЖанире рачӏунел гӏадамал гьурмада маскаги ххун рачӏине кколел руго. Дица гӏадамал къабул гьарулел руго цебеккунго гьабураб хъвай-хъвагӏаялда рекъон. Къойида жаниб чан чи къабул гьавизе бегьулебали чӏезабураб гӏорхъи гьечӏо, амма гьадинал гӏорхъичӏваяз хӏалтӏуе квалквал гьабичӏого хутӏуларо. Хӏалтӏуде рахъине изну кьун хадубги гьел шартӏал сундуе лъолел жалали бичӏчӏуларо. Гьаб кӏиго моцӏгун бащдалда жаниб дие щолеб хайиралъе кӏудияб заралги ккана, -ян бицана Зумрутица.\nКвана-гьекъезе гӏадамал рачӏунеб ашбазалда жанив гӏадан-чиго гьечӏоан.\n«Дуца кинаб тӏагӏамалъе заказ кьун букӏараб?» -илан гьикъана, дун жаниве щун вахъиналде, гьений хӏалтӏулей гӏолохъанай ясалъ.\nГьабураб квен гьез, къватӏибе кьун гурони, ашбазалда жаниб кваназе толеб гьечӏоан. Балагьараб мехалда, гьелъ батӏаго квешаб хӏасилги кьолеб гьечӏилан тана, гӏадамазул ахӏиял къабул гьаризе гурого, цогидаб жоялде регӏулеб хӏал гьечӏоан гьезул.\nНухалги мехалги\nГъизилюрталдаса Махӏачхъалаялде къваригӏелалъ вачӏарав Муцалаулалдаса Гӏамирхан рази гьечӏоан транспорталъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалдаса.\n— Гъизилюрталдеги гьаниреги хьвадулел электричкабазе щибниги гьукъа-къай бихьизабун гьечӏо, маршруткаби абуни, эркенго хьвадизе риччалел гьечӏо. Дорасан сверун, гьанисан кӏкӏуржун, чанго свералабазда гьоркьосан нух балагьизе кколеб буго гьез Махӏачхъалаялде рорчӏизе. Гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьабураб мехалъниги бегьуларищ гьел цере рукӏараб куцалъ хьвадизе? -ян къваридго вугоан гьев.\nГьеб параялъ сасги бахъун, телефоналде балагьидал, рихьана: «Рохел бицанин щиб кьелеб? Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталде эркенго ине рес буго», ватсапалдасан хъвадарулел ругоан гӏолохъабазул сообщениял.\nРузманалде ине гьанже щибго кӏвекӏен гьечӏолъиялдаса рохун ругоан гьел."}
{"slug": "8737-k-ismatal-ul-sajg-at-nusgo-sonilab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8737-k-ismatal-ul-sajg-at-nusgo-sonilab-giumru", "title": "Къисматалъул сайгъат – нусго сонилаб гӏумру", "date": "2020-06-23 08:29:18", "categories": ["insan"], "text": "Гъуниб районалъул Салтӏа росдал жамагӏаталда лъикӏ лъалаан Аминат-кӏодо. Гьей гьаюна араб гӏасруялъул 20-абилел соназул байбихьуда.\n1970-абилел соназда дун хӏалтӏулев вукӏана гӏелмабазул кандидатасул диссертациялда тӏад. Щвана республикаялъул централияб архивалдеги, цӏалана дол соназул хӏакъикъат рагьулел гӏемерал документалги. Бакӏаб асар гьабулаан гьез ракӏалъе. Кин гӏумру гьабулеб букӏараб нилъер умумуз? Рукъги, хъизамги, колхозалъул хур-ахги жидер гъуждузде бегарал руччабаз киндай хӏехьараб гьеб захӏмат? Лъималазе тарбия кьолаан, хасалоялде цӏул ва боцӏуе рагӏи-хер хӏадурулаан, лъелго рикӏкӏадал хъутабаздеги ун, колхозалъул хӏалтӏи гьабулаан… Унго-унгоял бахӏарзал рукӏун руго нилъер умумул! Гьединал пикрабазулъе тӏерхьунаан дун, диссертация хъвалеб мехалда.\nСалтӏа росдал анкьгосонилаб школаги лъугӏизабун, эбелалъул кумекчӏужулъун йикӏана Аминат. 1939 соналда гьелъги росуцояв Мухӏамадов Гӏабдулхӏамидицаги гьабуна ригьин. Росасдаса разиго йикӏунаан гьей. Гьабуна щуго лъимер: кӏиго васги лъабго ясги. Бигьаго букӏинчӏо кӏудияб хъизамалъул тӏалаб гьабизе. Амма захӏмалъабазе къуркьизе куцан йикӏинчӏо гьей. Росдал колхозалда цин звеньеваялъун, цинги бригадирлъун хӏалтӏана Аминат ва мустахӏикълъана «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏаралъе.\nТӏоцебесеб лъимер, яс Хамиз, гьаюн лъагӏел балелде байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Гӏабдулхӏамид ана ватӏан цӏунизе. Телавиялда лъелазул училищеялдаги цӏалун, Гӏабдулхӏамид витӏана фронталде. Моздок шагьаралда гӏагарлъухъ ккараб гӏасияб рагъулъ захӏматго лъукъана гьев ва госпиталалде витӏана. Рагъуе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, Мухӏамадов рокъове ана. Хӏалтӏана росдал школалда байбихьул классазул учительлъунги, росдал советалъул секретарьлъунги, Кировасул цӏаралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъунги.\nАминатица баркала кьолаан къисматалъе: «Рагъдаса чӏаго тӏад вуссана дир бетӏергьанчи ва лъимал гӏумруялъул нухда лъезегӏан цадахъ вукӏана гьев. Киналго лъималазул буго лъикӏаб лъайгун махщел, гьез гӏумру гьабулеб буго шагьаралда. Жакъа дир лъималазул буго 12 лъимер, гьезул лъималазул – 19 ва гьезулги лъималазул – щуго. Гьеб буго дир аслияб талихӏги гӏумрудул хӏасилги», -ян абулаан Аминат-кӏодоца.\nДун вуго кубачияв. Аминатил вас Мухӏамадилгун гьудуллъи ккана дир: нижер ясал Фатима ва Хадижат цӏалулел рукӏана Махӏачхъалаялъул №39 школалда. СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалда цадахъ хӏалтӏулел ругониги (кватӏичӏого бала 50 сон), Мухӏамадилги дирги гьудуллъи букӏинчӏо. Гьудулзабилъун ниж лъугьана ясазул классалде собраниязде хьвадиялъ. Гьедин гьуинлъи ккана нижер хъизамазулго.\nМухӏамадица хьихьана эбел. Аминатие бокьулароан шагьаралъул гӏумру. Рекӏеего гӏолароан гьелъие киданиги хинлъи кьоларел батарейкаби, хӏалтӏулареб лифт, кидаго рахан рукӏунел мадугьалзабазул нуцӏби, къотӏносан хьвадулел машинабазул хъуй гурони рагӏулареб шагьаралъул гӏемертӏалаяб мина… Анкьидаса гӏемер (бищун цӏикӏкӏун – моцӏ) заман балароан гьелъ васасухъ. Хадуб байбихьулаан росулъе ракӏ цӏазе: хур-ахикь квалквадизе, гӏертӏал цӏезе, цӏадаб цӏул лъезе… Гьабизе кколеб хӏалтӏи гӏемер рикӏкӏунаан гьелъ.\nДунялги заманги хисун бугеблъи бичӏчӏулаан Аминат-кӏодода. Жийго жиндаго хӏебтӏун бажарунгутӏи бичӏчӏараб мехалда, васас малъарабги гьабун, гьесда аскӏое яхъана гьей. Гьаниб букӏана гьелъие чӏезабун хинаб рукъги, татуяб квенги, ракӏгъезабулел лъималазул лъималги. Рукӏана кумекалъе кидаго хӏадурал «нилъерго» тохтурзабиги: Аминатил кӏиабилев вас Ахӏмад вуго Республикаялъулаб централияб больницаялъул реанимациялъулаб отделениялъул нухмалъулев. Мухӏамадил хъизан Патӏиматги йиго тохтур. Гьезул хӏеренаб тӏалабалда гъоркь йикӏана Аминатги. Дагьал церегӏан къояздайин абуни къадаралде щвана гьей. Аллагьас иманалда тӏойитӏун ятаги."}
{"slug": "8738-vatianal-ul-soldatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8738-vatianal-ul-soldatal", "title": "Ватӏаналъул солдатал", "date": "2020-06-23 09:44:53", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Исана кӏодо гьабуна Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубай. Нилъер гӏолилазда лъазе ккола сундулъ букӏарабали Советияб армиялъул къуват ва сунца кумек гьабурабали вахӏшиял фашистаздаса бергьенлъи босизе…\n«РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб законалдаги, «РФялда лъай кьеялъул миллияб доктринаялдаги», «РФялъул гражданазулъ патриотизм куцай» абураб программаялдаги, «РФялда гӏолилазе тарбия кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб концепциялдаги ва «ДРялда ватӏан бокьиялъул рахъалъ тарбия кьей» абураб программаялдаги бицунеб буго, социалиял рикьалаби гӏемерлъиялъул хӏасилалда улкаялъул батӏи-батӏиял ригьазулги социалиял къокъабазулги жамгӏияб бичӏчӏиялъулъ санагӏат гьечӏел хиса-басиял кканилан абун. Инсанасул гражданин лъугьинавулел идарабилъун кколел Россиялъул маданияталъулги, искусствоялъулги, лъай кьеялъулги тарбия кьеялъулги рахъалъ букӏараб магӏна тӏубанго тӏагӏана яги цӏакъго мукъсанлъана. Гьелда бан, рехсарал документазда хасаб кӏвар буссинабулеб буго, гӏолеб гӏелалъе тарбия кьолеб мехалда, батӏи-батӏиял миллатазул маданиябгун мацӏазулаб ва психологияб хаслъи хӏисабалде босизе ккеялде.\nНусгоялдаса цӏикӏкӏун миллаталъул вакилзабаз хъулухъ гьабулеб Россиялъул армиялда руго Дагъистаналъул миллатазул вакилзабиги. Щибаб миллаталъул хаслъиги кьочӏое босун ватӏан бокьи куцаялъул иш гӏуцӏани, цӏикӏкӏине буго Россиялъул Рагъулаб къуваталъул цолъи, гъунки ва гуч.\nМех-мехалда СМИяздаса ахӏи бахъуна, Россиялъул армиялъул пуланаб рагъулаб часталда хъулухъ гьабулезда гьоркьоб, миллат сабаблъун, тунка-гӏуси кканилан абун. Бицуна, миллиял къокъаби ругел бакӏазда рагъулаб гӏадлу-низам гӏемер хвезабулинги. Гьединал хӏужаби дагьлъизе руго, тарбия кьолаго, солдатазул миллияб хасиятги кьочӏое босун, хӏалтӏи гӏуцӏани. Гьединаб хӏалтӏул аслулъун букӏине ккола солдатасул хъизамалъулги, рахьдал мацӏалъулги, социалияб хӏалалъулги, сахлъиялъулги, ишцоязда гьоркьоб хьвада-чӏвадиялъулги ва цогидал хасиятазулги хӏакъалъулъ баян. Гьеб хӏалтӏи захӏматаб буго, амма гьединаб къагӏидаялъул хӏасил лъикӏаб ккола.\nОфицеразулги сержантазулги тарбиячагӏи куцалел рагъулаб лъай кьеялъул цо-цо идарабазул цӏалул программаялъул хал гьабураб мехалда баянлъана: гьениб гьечӏо культурологиялъул цониги дарс. Командиразда тӏадаб буго жидеца нухмалъи гьабулеб къокъаялда гъорлъ ругел миллатцоял яги ракьцоял солдатазул къапилаялъулгун гӏаммаб мацӏ батизе, гьезул пикру-гӏамал лъазабизе. Гьелъул мурадалда хӏалтӏизаризе бегьула батӏи-батӏиял къагӏидаби: солдатазулгун гара-чӏвари, накъит, ватӏан цӏунулаго, умумуз загьир гьабураб бахӏарчилъиялъулгун къохӏехьеялъул ва ватӏаналъе ритӏухълъи цӏуниялъул хӏакъалъулъ бицин. Дагъистаниялгун гара-чӏварулаго, мисалалъе рехсезе бегьула халкъиял бахӏарзал – Хочбар, Шарвели, Парту Патӏима; Шамил имам, гьесул наибзаби Хӏажимурад, Ахъбердил Мухӏамад, Хӏажи Давуд; рухӏиял церехъаби – шайих Мухӏамад Ярагъский, Гъазигъумекиса Жамалудин. Гьеб рахъалъ пайдаяблъун бихьула «Дагъистаниял: Россиялъул Бахӏарзал. Совет Союзалъул Бахӏарзал. Социалистияб захӏматалъул Бахӏарзал» абураб Зикрула Ильясовасул тӏехь. Гьениб бицунеб буго реццалъе мустахӏикъав 342 дагъистаниясул хӏакъалъулъ.\nМиллияб хасият лъазабиялъе квербакъула халкъалъул тарихалъги бакӏалъул гӏадатал лъазариялъги. Масала, 2003 соналъул декабралда хъачагъазде данде къеркьолаго хасаб операция тӏобитӏун хадуб хасаб тӏадкъаялъул аскарияз Владимир Путиние загьир гьаруна Цӏунтӏа районалъул гӏадамазул хӏакъалъулъ лъикӏал пикраби.\nКаспийскиялъул гӏорхъи цӏунулезул отрядалъулги Махӏачхъалаялъул гарнизоналъулги солдатазулгун ва сержантазул цӏех-рех гьабураб мехалда, гьезул 79,2 проценталъ абуна батӏияб миллаталъул солдатазулгун гьудуллъи бугин абун. 16,3 проценталъ бицана, жидеца гьудуллъун толин гӏицӏго миллатцоявин абун. 4,5 проценталъухъа бажарун гьечӏоан батӏияб миллаталъул вакиласулгун гьудуллъи гьабун.\nСолдатазе тарбия кьолаго, рехсезе мустахӏикъаллъун рикӏкӏуна бахӏарчиял дагъистаниязул цӏарал – Совет Союзалъул кӏицӏул Бахӏарчи, летчик-испытатель Амет-Хана Султанил, Совет Союзалъул Бахӏарзал, летчикал Юсуп Ахъаевасул, Валентин Эмировасул, Леонид Гальченкол, ралъдахъан Мухӏамад Хӏажиевасул, пулеметчик Ханпаша Нурадиловасул, танкист Элмурза Жумагуловасул, Россиялъул Бахӏарзал Аскер Аскеровасул, Мухӏамад Багӏачиловасул, Загьид Загьидовасул, Арзулум Ильясовасул, Хӏажимурад Нурахӏмаевасул, Гӏабдухаликъ Къурбановасул, Мухтар Сулеймановасул, генерал Мухӏамад Гӏумаровасул ва цогидазул.\nНижер цӏех-рехалда гӏахьаллъарал офицерзабазул гӏемерисел мукӏурлъана миллиял бахӏарзазулги, халкъалъул гӏадатазулги, миллаталъул хасияталъул хаслъиялъул ва маданияталъул хӏакъалъулъ мукъсанал гурони баянал лъангутӏиялъе. Гьезул лъабил бутӏаялъ абуна, миллиял къапилабазулгун ва гьезул церехъабазулгун гьабулеб хӏалтӏулъ гӏунгутӏаби ругин абун. «Кин камил гьабилеб батӏи-батӏиял миллатазул солдаталгун гьабулеб хӏалтӏи?» абураб суалалъе жаваб кьолаго, командирзабаз рехсана гьадинал къагӏидаби: миллияб маданияталъулги, педагогикаялъулги, психологиялъулги хаслъи лъазабиялъул мурадалда гӏемермиллатазулаб къокъагун хӏалтӏулел офицерзаби цӏализари; рагъухъан куцалаго, кӏудияб кӏвар бугеб халкъалъул гӏадатги цебетӏеялъе квербакъулеб хасиятги хӏисабалде босичӏого хӏалтӏулел гӏисинал командираз педагогиял гъалатӏал риччангутӏиялда тӏадчӏей гьаби; гӏемермиллатазул къокъаби гӏуцӏиялъул пайдаял къагӏидаби рати; батӏи-батӏиял миллатазул солдатазе тарбия кьеялъул хӏалтӏи камил гьаби; гӏемермиллатазулаб къокъа гъункизабиялъул мурадалда жамгӏияталъулгун бухьен гьаби; батӏи-батӏиял миллатазул солдатазул дандеккунгутӏиялъул гӏиллаби ратимиллиябгун психологияб хаслъиялъул цӏех-рех гьабулеб методика хӏадури; гьеб рахъалъ бугеб цогидазул методикаялдаса пайда боси."}
{"slug": "8739-nil-er-giumrugi-shagiirasul-giak-labigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8739-nil-er-giumrugi-shagiirasul-giak-labigi", "title": "Нилъер гӏумруги шагӏирасул гӏакълабиги", "date": "2020-06-23 09:51:42", "categories": ["lit"], "text": "Зоб роцӏун цӏад банани, цӏакъ бохула тӏабигӏат,\nГӏадамил ракӏ роцӏунеб цӏад хӏажатаб ракьалда.\n(Инхоса Гӏали-хӏажи)\nГьацӏул хъабинибе хъублъи ккараб, нилъго кирехун унел ругелали нилъедагоцин лъалареб гьаб хӏабургъараб заманалда, шагӏир, гӏакъил, гӏалим Инхоса Гӏали-хӏажил асараз къобахъанагӏан гӏажаибаб асар гьабулеб буго дие. Гьале жакъаги, кодобе гьесул тӏехьги босун, гӏакълудал ралъдалъ бищунго гучал карачелазул цояллъун ругел кицабазулги алфазазулги магӏна босулей йиго.\nХӏурматиял цӏалдолел!\nРачӏаха цоги нухалда борхизе шагӏирасул гӏакълудал цӏурал шигӏрабазул лълъар. Биччанте гьелъул тӏокӏкӏарал къатӏраби хутӏизе нилъер ракӏал рацӏцӏад гьарулеб хӏикматаб цӏадлъун:\n— Нилъго лъикӏалин рецци — роцен гьечӏеб балагьин,\nБерда цебе лъечӏого, лъикӏабин кунин загьру.\nДир пикруялда, гьеб роцен гьечӏеб балагьалъул кӏичӏикье, жидедагоцин лъачӏого, ккун ратулел руго цо-цоял. Кинха ракӏкъварилъичӏого хутӏилеб, жал бищунго цӏакъал-тӏокӏалин абулел гӏадамал рихьидалги ратидалги. Цо-цоялин абуни, тӏир-тӏирунцин чӏола жидер пагьму-гьунаралъухъе вахарав чи гьечӏилан. Гьеб гьедин батанигицин, рецц-бакъалъул къорикье ккарал гьезда бичӏчӏулеб гьечӏеб куц кинаб унти жидер чорхолъ бессулеб бугебали:\n— Рецц бокьун рекерулел,\nкакилин жал хӏинкъулел,\nХӏалим вугин рачӏунел\nчӏухӏбуздаса лъикӏ цӏуне.\nЯги:\n— Жиндиего рецц гьаби чиясда рекъоларо,\nКигӏан битӏарабниги рецци рекъараб гуро.\nБитӏараб буго. Лъиеха бокьилареб цогидаз жиндирго хӏакъалъулъ лъикӏал рагӏаби абизе. Киназего бокьула гьеб. Амма нагагьлъун ракӏалдецин ккани гӏадамазеги жив цогидаздаса тӏокӏ вокьулин абун, гӏадамаздаги бичӏчӏула гьединав чи веццизе кколеблъиги, ва гьезги байбихьула тӏад рекъезабизе, вай-аман, жидее цохӏого цо мун вокьулин, дулъе вахарав пагьму-гьунаралъул чиги гьечӏилан абун. Гьединаб каламлъидалха реццалъ мехтаразе рагӏизе къваригӏунги букӏунеб.\nГьеле гьеб батизеги буго, чорхолъе ккани, сах гьабизе цӏакъго захӏматаб унти -реццалъул унти. Гьелъул хӏакъалъулъги пикраби гьадинал руго шагӏирасулги:\n— Жидерго чорхолъ гьечӏел\nгьунарал ругин чӏолел,\nГьел ритӏухъ гьариялъе рияъ чагӏи рачӏунел.\nРикӏкӏад гьаре дорегӏан, данде ккезецин тоге,\nТушман-илбис данделъи лъикӏин бищун эздаса.\nГьаб гьитӏинабго макъалаялда бакӏ гӏеларо Гӏали-хӏажил шигӏрабазул тӏокӏлъабазул бицине. Дица тӏаса рищана цӏакъго тӏасан ккараб рецц-бакъалъул заралалъул бицунел гьесул жугьаби. Щайгурелъул реццалъ бецц гьарулел ругел гӏемерлъулел ругелъул. Гьединазда жидерго гъалатӏалгицин тӏокӏлъабилъун рихьулел руго. Цогидал хӏангутӏиялъул, жойиде гьарунгутӏиялъул хӏасилалда гьезул ракӏазулъе лъугьунеб буго жахӏдайилан цӏар бугеб хӏапаро. Гьелъ инсанасул чорхолъа, рахӏму тун, бачахъула лъикӏлъи. Гьединазда гӏицӏго жалго гурони рихьуларо, ва гьел релълъуна, хъублъи къватӏибе чӏехьанигицин, бацӏцӏалъулареб къвачӏида. Гьезда бихьуларо гӏарац-меседлъун жидеда сверухъ ругезул тӏокӏлъиги тӏадегӏанлъиги:\n— Гъосол цӏураб къвачӏиниб\nгӏарац-месед кин балеб,\nХъублъи къватӏибе чӏехьон, жаниса чуричӏого.\nЦо-цо гьадинги кколаха:\n— Найица тӏегь кванала, тӏотӏоца гъвес кванала,\nБичасул хӏикматалда дун цӏакъ тамашалъула.\nГъосолъ бугеб тӏотӏоца тӏогьолъ бугеб найиде\nДун лъаларищ гьвелроцан\nрогьо къабихӏаб бала.\nНахъеги бегулеб буго, гӏакъиллъиялъул куназ угьарал шигӏрабазул цӏураб, Гӏали-хӏажил тӏехь. Шагӏирас цоги нухалда гӏумруялъул пикру гьабизе тӏамулей йиго. Гӏасругун бащдаб заманаялъ цере хъварал гьесул асарал жакъаги къиматал жавгьараллъун кенчӏолел руго нилъер гӏумруялъул маржаназул цӏалалъулъ.\nРеццалъ унтарал кидаго рукӏун руго, гуребани шагӏирасул гьеб калам бижизе ресги букӏинчӏо.\nМакъалаги лъугӏизе толеб буго даимлъиялде арал, абадияб гъасда беролеб цӏалъун ругел Инхоса гӏалим, гӏакъил ва шагӏир Гӏали-хӏажил алфазаздалъун:\n— Гӏагарал гьуин гьаре — гьелъулъ буго дур икъбал,\nЭбел-эмен лъикӏ хьихье — бихьила рекӏел канлъи.\nВа ахиралдаги:\n— Лъикӏал гьудулзаби ккве,\nккаралъуб кумек гьабе,\nКвер дуде битӏарасда батӏаго аскӏове къай.\nЭл цере кквей — даража, дурго черх нахъе тӏамун,\nТӏаде-гъоркье гӏемер ун,\nгӏатӏидго гьумер бихьун.\nГьале цогиги:\nГурхӏелгун рахӏму гьаби — рикъзиялъул кӏул буго,\nНахъехун пикру гьаби — балагьал гьукъи буго.\nНилъее киназего тавпикъ кьеги Гӏали-хӏажи кӏудил гӏакълабазул магӏна босизе. Биччанте гьесул гӏумруялъул дарсазги цо хасаб бакӏ кквезе нилъер щивасул къисматалъул тӏехьалда."}
{"slug": "8803-2020-2021-tsialul-son-khisa-basiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8803-2020-2021-tsialul-son-khisa-basiyal", "title": "2020-2021 цӏалул сон: хиса-басиял", "date": "2020-06-29 06:54:55", "categories": ["obrazovanie"], "text": "РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ цӏияб цӏалул соналде хӏадур гьарун руго иргадулал хиса—басиял.\nТӏоцебесеб классалде лъимал рачине руго гьез гӏумру гьабулеб бакӏалъул хӏисабги гьабун. Гьедин букӏана кидаго. Амма исана школалде тӏоцебесеб классалде вачӏунев цӏалдохъанасул вац яги яц батӏияб, ай жидеца гӏумру гьабулеб микрорайоналда гуреб школалда цӏалулел рукӏун ратани, тӏоцебесеб иргаялда гьебго школалде босизе ккола гьеб лъимерги. Законалда рекъон, цо хъизамалдаса лъимал цӏализаризе ккола цого школалда.\nВузазде цӏализе лъугьин\n20 июналда Интернеталдасан къабул гьарулел руго вузазде цӏализе бокьарал цӏалдохъабазухъа документал. «Пачалихъиял хъулухъал» (Госуслуги) абураб порталалда рагьун буго гьелъие квербакъулеб «Поступление в вуз онлайн» абураб хасаб гьумер. Гьенисан абитуриентас ритӏизе ккола тӏаса бищараб вузалде документал. Гьенибго букӏине буго, вузалде документал кьурал абитуриентазда гьоркьоб чанабилеб бакӏалда пуланав чи вугевали. Вузалда цӏализе восиялъул хӏакъалъулъ баян битӏизе буго щивав абитуриентасул телефоналде. Гьайгьай, цӏунулеб буго цо чанго вузалде документал кьезе букӏараб ихтиярги.\nЦӏи гьаризе руго ФГОСал\nРФялъул лъай кьеялъул министрлъун йикӏарай Ольга Васильевалъ абун букӏана Лъай кьеялъул федералиял пачалихъиял стандартал (ФГОС) цӏи гьаризе кколин абун. Гьел хӏалтӏизе байбихьизе кколаан 2020 соналда. Гьабсагӏаталда гьезул бицунеб рагӏуларо, амма гьел хӏадурулел рукӏана. Гьале цӏиял стандартазда рехсарал цо-цо тӏалабал:\n-мухӏкан гьаризе ккола школалда цӏалун щвараб лъаялъул хӏасилазде ругел тӏалабал;\n-цӏи гьаризе ккола цӏалул программаби. Масала, «Технологиялда» гьоркьоре рачун руго робототехникаялъул аслиял баянал, программированиялъул мацӏал, графикияб редакторалда хӏалтӏи. ОБЖялъул программаялде тӏаде журан руго «Терроризм», «Буллинг», «Мошенничество» абураб бутӏрул;\n-лъай кьеялъул программаби гӏуцӏун рукӏине ккола лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазда гуребги, цӏалдохъабазул эбел-инсудаги ричӏчӏулеб хӏалалда;\n-лъай кьеялъул сверухълъи букӏине ккола кӏванагӏан киназего цогояблъунги стандартазде рекъон кколебги;\n-гӏатӏид гьаризе ккола социалиял партнеразул гьоркьорлъаби;\n-«хӏалтӏуллъун» гьаризе ккола школалда тарбия кьеялъул программаби;\n-дарсал рукӏине ккола базовиябги цӏикӏкӏараб лъай кьолебги даражабазул.\nЦӏалул тӏахьал\nФедералияб сияхӏалда рехсарал цӏалул тӏахьазда кьолел баяназдаса рази гьечӏо гӏемерал учительзаби. Гьелда бан, экспертаз кьураб къимат хӏакъикъияблъун рикӏкӏине буго гӏицӏго щуго соналъ. Цӏалул тӏахьазда тӏад хъвазе руго гьелъие къимат кьурал экспертазул цӏарал. Жидеца къимат кьураб тӏехьалда хъвараб жоялъул жавабчилъи гьезда тӏалъизе буго.\nВПР (Тӏолгороссиялъул\nхалгьабиялъул хӏалтӏи)\nГъоркьисала ВПРазда гӏахьаллъизе кколаан 4-6 классазул цӏалдохъаби. Гьеб тӏобитӏиялъул къо тӏаса бищулаан щибаб школалъ. Цӏияб цӏалул соналда ВПР хъвазе буго 7-8 классазги. Щибаб школалъе хӏадуризе руго хасал тӏадкъаял ва министерствоялъ гьел ритӏизе руго школалъухъе.\nРоспотребнадзоралъ гьабизе буго учителасул аттестация\nХалгьабизе буго рацӏцӏалъи цӏуниялъул рахъалъ (гигиена) учителасул бугеб лъаялъул. Школалда ругел киналго педагогазул аттестация гьабизе буго Роспотребнадзоралъул хӏалтӏухъабаз. Гьелъие гӏилла ккола улкаялъул президентас гъулбасараб «Санитариябгун эпидемиологиялъул рахъалъ халкъалъул парахалъиялъул хӏакъалъулъ» абураб указ. Аттестация тӏобитӏиялъул низамги тартибги чӏезабизе буго Роспотребнадзоралъ.\nДарсал кьезе руго студентаз\nЦересел соназда ахӏи бахъун букӏана школазда учительзаби дагьлъулел ругин абун. Букӏана бицунеб учительзабазул 70 процентниги пенсионерал ругин, цӏиял технологиязда рекъон хӏалтӏизе бажарулеб гьечӏо гьезухъаян абун. Гьеб масъала тӏубазехъин буго педагогиял вузазул студенталги школалда хӏалтӏизарун.\nРоссиялъул президентас тасдикъ гьабуна «РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ» абураб закон. Гьелда рекъон, педагогияб вузалъул лъабго курс лъугӏарав бокьарав студентасул ихтияр буго бокьараб школалда дарсал кьезе, ай учительлъун хӏалтӏизе. Цогидал вузазул студенталги, лъикӏал хӏасилаздаги цӏалун, кӏиго курс лъугӏун хадуб хӏалтӏизе бегьула школалдаса тӏадеги лъай кьолел идарабазда (дополнительное образование). Аслияб шартӏ ккола лъай кьеялъул идараялда лъазабураб программа школалда кьезе бугеб дарсгун рекъонккей. Масала, информатикаялъул махщелалъе цӏалулев студентас кьезе буго, физкультураялъул яги рисованиялъул гуреб, информатикаялъул дарс. Кин хӏалтӏизе рачине ругел студентал? Гьеб суал жеги роцӏинабизе ккола Лъай кьеялъул министерствоялъ."}
{"slug": "8804-konstitutsiyalda-khisa-basiyal-l-ikiishch-kveshishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8804-konstitutsiyalda-khisa-basiyal-l-ikiishch-kveshishch", "title": "Конституциялда хиса-басиял: лъикӏищ, квешищ?", "date": "2020-06-29 07:02:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кватӏичӏого РФялъул Конституциялда гьаризе ругел хиса—басиязда бан, цо—цо дагъистанияз гьадинал пикраби загьир гьаруна «Хӏакъикъат» газеталъе.\n«Путинидаса лъикӏав\nчи вихьулев гьечӏо»\nМухӏамад РАМАЗАНОВ, юрист, ННТ телеканалалъул ведущий:\n-Лъица щиб бицаниги, дица рахъ ккола гьел хиса-басиязул. Гьезул багьанаги батун, президентасул болжал халалъизабизе къваригӏин кколин гьелъул магӏнаян чӏун руго цо-цо чагӏи. Амма гьедин гьабунигицин, Владимир Путинидаса лъикӏав чи дида гьабсагӏаталда гьеб бакӏалда вихьулев гьечӏо.\nУлкаялда кколеб бокьараб мекълъи-тӏекълъи президентасда хурхинабулеб буго гьез. Дир хӏисабалда, гьеб ккола гьезул политикияб лъай гьечӏолъи.\nБукӏаниги, бакӏ-бакӏазда жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб буго нухмалъулезги. Кигӏан лъикӏал тӏалабал президентас цере лъуниги, гьел кӏалагъоркье чӏвазаризе хӏалбихьиялги гьарулел ругелъул. Масала, коронавирусалда данде къеркьолел медиказе биччараб гӏарцуе хӏакимзабаз гьарулел рукӏарал хӏарамал ишал рихьичӏищ?\nКиназдаго бадиб къан буго президентасул болжалалъе бихьизабураб анлъго сон. Амма цогидал жал цӏадирабазда лъуни… Масала, гӏемерал жал руго 1993 соналдаса хадур раккарал ва конституциялъул федералиял законазулъе росарал. Гӏемерисел жал Конституциялде гьениса росун руго. Гьединлъидал гьеб (Конституция) гьанже лъутӏа-къотӏун, цойиде бачун, жакъасеб гӏумруялде данде ккезабун буго.\nГьединго Конституциялда цӏар бахъулеб буго Тӏадегӏанасул хӏакъалъулъги. Гӏадада бахъулеб цӏар гуро гьеб. Хадурккун гьелда хурхун хасал актал яги законал рахъизеги рес буго.\nДие асар гьабуна гӏолилазулъ рухӏияб рахъ куцазе ккеялъул бицунеб пункталъги. 1993 соналда къабул гьабураб Конституциялда абуни гьеб букӏинчӏо.\nГӏурус мацӏ пачалихъияблъун бихьизабураб пункталда тӏасан рагӏизе бегьула цо-цоязул разилъи гьечӏолъи.\nГьанжелъагӏан букӏараб Конституциялда хъван буго гӏурус мацӏ РФялъул пачалихъияб мацӏ кколилан. Лъиениги гьелъул ургъелги букӏинчӏо. Гьанже абуни тӏаде жубалеб буго гьеб мацӏ кколин РФялда гьоркьоре унел ихтиярал ращадаб, гӏемермиллатазул союзалъул пачалихъ гӏуцӏараб халкъалъул мацӏилан.\nРоссиялда ругел халкъазул мацӏаздехун бугеб адабги бихьизабун буго гьениб. Амма гьел лъазаризе тӏадаллъун гьарулел рукӏаралани, дида квешцин букӏинаан. Щайин абуни, дир рахьдал мацӏ лъазабизе тӏадаблъун щай лъицаниги гьабизе кколеб? Гӏурус мацӏ нилъее цоцазулгун бухьенал гьаризе, хӏалтӏуе ва цогидалъе хӏажалъулеб бугелъул. Батӏаго щибаб регионалъе изну кьечӏогойищ бугеб гӏурус мацӏалдаго цадахъ аслияллъун жиде-жидер мацӏал рилълъанхъизаризеги? Масала, Чачаналда гьабула гурищ гьедин.\nГьединго, жавабиял хъулухъазда ругел чагӏазе къватӏисел пачалихъазда гӏарац цӏунизе, доба мал-мулк босизе гьукъулеб букӏинги квешищ бугеб? Интернеталдани гьерсал тӏиритӏизарулел руго хиса-басиязулъа гьеб пункт нахъе босун рагӏулиланги абун. Кутакаб пропаганда хӏалтӏулеб буго данде.\nЦо жинсалъул чагӏаз (однополые браки – ред.) хъизанал гӏуцӏизе гьукъараб закон гьанже Конституциялдеги босулеб букӏунилан дандечӏей буго. Гьадингоги лъалеб жо гьенибе босиялъул магӏна щибдила? Магӏна буго. Конституциялда хъвани, гьеб хисуларо. Законлъун тани, депутатаз бокьараб къоялъ хисизабула гьеб.\nИнтернеталда гӏемерлъун руго гьадинал фейкалги – бихьуларищдила президентас жиндирго кверщел щулалъизабулеб бугила киналго судиялги жинцаго тӏамун. Гьелда божулелги руго. Амма гьанжелъагӏанги гьедин гурищ гьел толел рукӏарал?\nДие цебегоялдаса рекӏее гӏолареб жо букӏана халкъазда гьоркьосел законал миллияздаса тӏадегӏан гьари. Гьанже гьеб рахъалъги хиса-баси гьабулеб буго.\n«Олигархазе гурел, гӏадатияб халкъалъе пайдаялъе ургъарал ратаги»\nАлексей ХӏАЖИЕВ, Махӏачхъалаялъул аэропорталъул хӏалтӏухъан:\n-Гьанжелъагӏан букӏараб Конституция къабул гьабуралдаса гӏезегӏан сонал ана, улкаги гӏемерго хисана. Гьединлъидал, хӏажалъи ккана Конституция хисизабизе. Гьел щай къваригӏарал жалин, гьабин-добилан харбал рицунел чагӏи руго аскӏоре гӏагарунцин гьеб иш лъаларел, жидеего политикиял очкаби щвезелъун хӏаял гьарулел гӏадамал. Гьезде щвезегӏан гьел хиса-басиязул жаваб кьун букӏуна гӏезегӏан гъорлъе раккун, киналго рахъал лъазарурал специалистаз. Гьединлъидал халкъалъ, улкаялъул гражданал хӏисабалда, къабул гьабизе ккола тӏалъиялъ хӏадурараб документ.\nГьединго, нилъер хьул буго гьел хиса-басиял олигархазе гурел, гӏадатияб халкъалъе пайдаялъе ургъарал ратиялде.\n«Депутатазе гӏарац дагьлъизабе»\nГӏабдурахӏман АДУХӏОВ, Махӏачхъалаялда чӏарав Чӏарада районалдаса чи:\n-Дида гьикъулеб букӏарабани, Конституциялда гьадинал хиса-басиял гьаризе кколин абилаан дица: РФялъул Пачалихъалъул Думаялъул депутатазе моцӏрое щолеб харж бащалъизабулебани анцӏго МРОТалда (гӏумру гьабизе моцӏрое хӏажалъулеб гӏарцул бищун гӏодобегӏанаб къадар). Гьеб букӏинаан гӏемерав чи разияб хӏукму.\nМисалалъе, гьасагӏат гьеб МРОТ буго 12 500 гъурущ. 10 МРОТ ккола 125 азарго гъурущ. Регионалиял депутатазе бегьилаан щуго МРОТалъул къадар. Гьеб цо. Кӏиабизе, 451 депутат вуго жакъа Пачалихъияб Думаялда. Амма гьелгощинал рукӏунилан, гьезул бугеб пайда щиб? Щай бегьулареб 300 чиясде щвезегӏан гьезул къадар дагь гьабизе? Кумекчагӏигун цадахъ рикӏкӏараб мехалъ, гьезул къадар 2500 чиясде бахунеб буго.\nХалкъалъул ихтиярал цӏунулел вакилзаби абун цӏарги чӏван руго гьел. Кинал ихтияралха гьез захӏматхалкъалъул цӏунулел ругел? 150 чиясдалъун гьел дагь гьаруни, чан гъурущ тӏокӏ гьабизе кӏолеб бугебали хӏисаб гьабе?\nЯсли-ахазе, лъималазул рокъобе, школазде щай гьеб гӏарац биччазе бегьулареб? Гьелда тӏад щай гьел ургъуларел?\n«Америкаялъул тӏадкъаялдалъун хъвараб Конституция букӏана»\nГӏабдулвахӏид ЛАБАЗАНОВ, Гъизилюрт шагьаралъул газеталъул бетӏерав редактор:\n-Конституциялда хиса-басиял гьаризе кколеблъи хӏакъаб жо буго. Ельцинил заманалда Верховный Советги щущахъ биххизабун, Америкаялъул асаралда гъоркь хъвараб жо буго гьеб. Гьелъ кӏудияб хиса-басиги гьабичӏо гӏумрудулъ, щайин абуни, цин гьанире кӏанцӏун, цинги доре кӏанцӏун гӏадин рихьизарун руго гьенир цо-цо суалал. Масала, нилъеца торт гьабулеб мехалда гьелда гъорлъе журалел нигӏматал – кремги, ханжуги, пудраги – батӏа-батӏаго рихьизарулел гӏадинабго жо буго гьелъулги.\nАмма КПРФалъ кьураб 15 пикруялда гьоркьоса лъабго пикру гурони къабул гьабичӏо гьанже Конституциялда хиса-басиял гьаризе гӏуцӏараб хасаб комиссиялъ. Гӏадатияб халкъалъе гӏезегӏан пайдаял жал рукӏана гьенир.\nМасала, олигархазухъ бугеб газалъулгун нартил ва цогидаб магӏишаталда тӏабигӏиял бечелъабаздаги хъвачӏого, цӏи-цӏиял налогал ургъулел руго чиновниказ. Коммунистаз рикӏкӏуна, нилъерго хӏукумат цебетӏезе ккани, гьедин гьабизе бегьуларин, гьеб гӏадатияб халкъалда хъатӏизе бугилан.\nГьелъие жаваб кьолаго, цо-цо министраз байбихьана баян гьабизе социалияб кӏваралъе гӏарац регионалиябгун федералияб бюджеталдаса биччазе, гьединго социалияб рахъалде гьетӏи бугел бизнесменаздаса бакӏаризе бугила.\nКонституциялда хиса-басиял гьарун хадуб гьеб бакӏлъи регионалияб бюджеталда тӏад баччун хутӏилародайин абураб хӏинкъиги буго."}
{"slug": "8805-10000-tokhturase-barkala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8805-10000-tokhturase-barkala", "title": "10000 тохтурасе баркала", "date": "2020-06-29 07:10:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Коронавирусгун къеркьолаго унго-унгояб бахӏарчилъи бихьизабурал тохтурзабазе баркалаялъул кагътал кьуна республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевас. Гьезие мустахӏикълъана 10 000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи. Гьединго хӏурматиял шапакъатал ва цӏарал кьун кӏодо гьаруна сахлъи цӏуниялъул 223 хӏалтӏухъанги.\nГьезда гьоркьоса «Реццалъе мустахӏикъаб захӏмат» абураб шапакъат щвана анкьго чиясе, 128-ясе кьуна «Республикаялъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏар, 41-ясе -«Республикаялъул сахлъи цӏуниялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏарги. Тӏад цӏар хъварал сагӏтал сайгъат гьаруна 15 тохтурасе.\nРФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, «Пироговасул Орден» кьун кӏодо гьаруна республикаялдаса сахлъи цӏуниялъул 20 хӏалтӏухъан. Гъоркьехун кьолеб буго гьезул сияхӏ:\nГӏабдулмутӏалибов Ибрагьим Гӏабдулмутӏалибович – отделениялъул заведующий.\nГӏабдурахӏманова Гӏайшат Асхӏабовна — отделениялъул заведующий.\nАбуева Аида Агъаевна – тохтур.\nАльбориев Гӏабдула Хайрулаевич — отделениялъул заведующий.\nАслангерев Гӏабдухӏамид Мухӏамадович – тохтур.\nХӏажиева Гюльжанат Сиражудиновна – тохтур.\nХӏусенов Заур Гӏалиевич – тохтур.\nИдрисов Хӏажимухӏамад Идрисович — отделениялъул заведующий.\nИдрисова Гӏайшат Идрисовна – тохтур.\nИсмагӏилов Халид Мухӏамадович — отделениялъул заведующий.\nКъураев Наби Шамилевич – тохтур.\nКъурбанов Мурад Мухтарович – тохтур.\nМухӏамадгӏалиев Мухӏамадгӏали Асадулаевич — отделениялъул заведующий.\nМурадова Валида Рахӏматулаевна – тохтур.\nРабаданов Мухӏамадрасул Мухӏамадович — отделениялъул заведующий.\nСагӏитаева Гӏайшат Хӏамзатовна — отделениялъул заведующий.\nСултанбеков Руслан Мухӏамадович – тохтур.\nТӏагьиров Хӏусен Муртазагӏалиевич – тохтур.\nХоджаев Эмил Зиядханович – тохтур.\nШамсудинов Мухӏамад Хӏажимурадович – тохтур.\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги ракӏ—ракӏалъ баркула тохтурзабазда гьел шапакъатал. Горбода мусруги жемунин абухъего, нахъе къачӏого, гӏажалаб унтуца квелъ биччарал бакӏазда сордо—къо батӏа гьабичӏого хӏалтӏарал гьелги гьезда цадахъ рукӏаралги абадияб реццалъе мустахӏикъал руго. Анцӏ—анцӏ тохтурасда гӏажалги батана гьениб. Хваразе алжан насиблъун батаги. Чӏаго ругезе тавпикъги щулияб сахлъиги кьеги бигьаяб гуреб заманалда, захӏмалъиги къулчӏун, нилъер сахлъиялъе гӏоло, гурун гъуждулгун, бакӏаб борч тӏубазабизе. Аллагь разилъаги киназдасаго."}
{"slug": "8806-turtsiyal-ul-magiarulazul-g-asda-nak-ital", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8806-turtsiyal-ul-magiarulazul-g-asda-nak-ital", "title": "Турциялъул магӏарулазул гъасда накъитал", "date": "2020-06-29 07:37:17", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "(Байбихьи 24-аб. номералда)\nДагъистаналъул гӏадал рорхатал мугӏрул щвечӏониги, щобаздегӏан къараб, санагӏатаб бакӏ бищун буго яшав гьабизе Турциялде гочарал нилъер миллатцояз. Гьенире щолаго цо нилъерго Казбек районалде, Буртунаялде рачӏунеб гӏадаб хӏисаб букӏуна. Цебесеб нухалъ, ай 2004 соналъ щведалго рекӏелъе бортун букӏана Гуней росдал тӏабигӏат, сверухълъи. Гьелдаса нахъе ккараб берцинлъиялъул гьечӏоан Шигьабудин гӏураб Эседия росуги.\nШигьабудин Озден -жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадарухъан, «Дагъистан» журналалъул редактор. Къокъго абуни – сахав магӏарулав, халкъалъе хӏажатав, Турциялда гӏолел магӏарул наслабазул метериселъул пикру гьабун пайдаяб иш гьабулев лъикӏав инсан. Аваразул интеллигенциялъул гьев лъаларев чи гӏемер ватиларо. Дагъистаналдаса рачӏунелги дораго ругелги магӏарулазе годекӏанлъун лъугьараб, Шигьабудинил азбаралъур рещтӏана нижер къокъаги. Нижее салам кьезе рачӏарал бакӏалъулал магӏарулазул саламатаб горсвери лъугьана. Кванил нигӏматал хисун столалде рачӏана магӏарулазул цӏваби гӏадал цӏарал хъварал, нилъерго мацӏ, тарих цӏуниялъе риччалел басмаби. Гьанир рукӏун нилъеца цӏалуларел, цӏиял рахъарал ва цересел тӏахьал ругоан Шигьабудинихъ. Гьезда тӏаде цо чанго дицаги жубана (халкъияй шагӏир Залму Батировалъ саламгун гьесие сайгъаталъе ритӏаралги рукӏана тӏахьал). Данделъараз лъай-хъвай гьабуна Шамил районалъул жакъасеб гӏумру рагьулеб «ЦОЛЪИ» казияталъулгунцин.\nГьенисаги щвана Гунеялде, рихьана чӏороголъарал чӏахӏиял минаби, тира-сверана, жамагӏат гъункараб мехалъ чӏухӏун къачӏарал къватӏахъ, лъалхъана Дагъистан ракӏалде щвезабулел суратазгун алатаз къачӏараб ашбазалда. Гьениб бицана, жеги балугълъилалде эменгун цадахъ сапаралъ унаго Турциялде ккарав, Гунеялда вукъарав дир кӏудияв инсул вацасул хӏакъалъулъ. Гьидалъа Мухӏамадин абулеб букӏун буго Гунеялда гьесда. Лъана гьев махщел камилав маххул къебед, гӏертӏал гьарулев устар вукӏараблъи, баянлъана гьесул наслуялъул лъалкӏал. Алжанул гӏаркьел гӏадаб гьайбатаб росулъ цӏикӏкӏун руго чӏунтулел минаби, лъугӏулел руго магӏарул мацӏ бицунел, кӏудияб кӏвар гьечӏо гьеб цӏуниялъулги.\nТӏубан сапаралъул ва гьенир дандчӏварал анцӏ-анцӏ магӏарулазул хӏакъалъулъ бицани, хабар цӏакъго халалъила. Гьел гара-чӏварияздаса рекӏелъ хутӏарал цо-цо пикраби рагьила.\nГуней росдал годекӏанир\nДагъистаналда бизнес гьабизе хӏалбихьарав Кӏаратӏаса наслуялъул Карим: «Даран-базаралда гьоркьоб ритӏухълъи гьечӏо Дагъистаналда. Хӏалбихьун букӏана, амма цӏакъ рекӏекълъана. Гьобол-гьудулъиялъе лъикӏал руго Дагъистаналъул магӏарулал, цоги иш цадахъ гьабизе бегьулареблъи бичӏчӏана».\nШигьабудин Озден: « Дие бокьиларо дагъистаниял жидеда божизе бегьуларел гӏадамал ругин абулеб рагӏизе. Нижелъ эбел-инсуца куцана магӏарул чи лебалав, ритӏухъав вукӏине кколин. Киналго гьединал гьечӏеб къагӏидаха».\nТурциялда дандеккун Дагъистан кин бихьулеб социалияб цебетӏеялъул ва исламияб рахъалъин абураб дир суалалъе, Шигьабудиница гьадин жаваб кьуна: «Турция Европаялдаса нахъе ккун буго кӏикъогониги соналъ, гьедигӏанабгосеб заманалъ Турциялдаса нахъе ккун бугин абизе бегьула Дагъистанги. Россиялъул хӏукуматалъ халкъалъул гӏумру лъикӏлъиялъе биччалеб гӏарац, гьелъул кверщел кодобе щвараз бикъулеб букӏиналъулъ буго гӏиллаги. Бикъа-хъами кибго батила, амма доба цӏикӏкӏун бугин ккола. Исламалъул бицани, гьаниб щибаб росдал, шагьаралъул имамлъун вуго тӏадегӏанаб лъай щварав, халкъалъул щибаб суалалъе жаваб кьун бажарулев чи. Хӏукуматалъ харжги кьун тарал чи руго гьел. Мекъаб, хӏукуматалъул политикаялде данде кколареб рагӏи гьезул букӏунаро. Бокьарав чиясе эркенго дин гьабизе рес буго, хӏал гьабулев яги гьукъулев чиги гьечӏо».\nТурциялда ругел нилъер миллатцоял гӏажаиблъулел руго мажгитаздеги хьвадун гӏаракъи гьекъолел дагъистаниязда. Чанги батӏияб тепси гӏуцӏараб бакӏалда гӏодой чӏана дун гьел къоязда, амма чаялдаса къвакӏараб гьекъолеб жо рикӏкӏадасан балагьунгицин бихьичӏо. Нилъер гьаниб гьобол вачӏингун гьабулеб «хӏурмат» гьезда лъикӏ лъалеб бугоан.\nЯшарил гьакида Бурса къотӏун Анкараялде\nРоцӏцӏараб зоб, камилго цӏураб моцӏ, кваранихъе гӏаздалал тӏогьазул мугӏрул, рохьаз сверун ккураб, ахазулъ щинкӏараб некӏсияб Бурса. Гӏажаибаб асар хутӏана гьеб шагьар къотӏун унаго рекӏелъ. Чан биги, магӏуги, рекӏкӏги, пахрулъигиха бихьараб гьеб чӏухӏараб, Анатолиялъул ракьалда тӏибитӏараб, гӏусманиязул тӏоцебесеб тахшагьаралда. Бурсаялда гӏумру гьабун ругел Кавказалъул наслаби цолъизарулеб гӏуцӏиялъул нухмалъулевги ватана нижее салам кьезе нухде вахъун. Гьесул гьариялда рекъон Дагъистаналдаса росарал хунжрулги щвезаруна Анатолиялъул кавказиязе рикьизе.\nНус-нус километралъул нух нахулъа рас цӏалебгӏанги лъачӏого тана нахъе. Рогьалил гӏужде гӏагарлъун батана заман Анкараялде щолаго. Асиятица бицунеб букӏана жийго гӏураб ватӏан Закаталаялъул. Гьениб яшав гьабулел аваразул гӏумруялъул бицунаго, баянлъана миллияб рухӏияб хазина, умумузул ирс цӏуниялъе гьениб нилъеразе кьоларел ресал, гьечӏеб ихтияр. Гьеб кинабго бихьизе, бичӏчӏизе Дагъистаналдаса гьоболлъухъ рачӏунелги нагагь рукӏунин абуна Асиятица.\nЯшарилгун Асиятил гъанситухъ магӏарулай Мелигьагун\nБитӏахъе бахиллъана сверухълъиялъухъ балагьун, тӏоцересел бакъул чӏораз Асиятил рагъиде ахӏарай дун.\nУнго-унгояб цӏа бакулеб гъансито бугоан ункъабилеб тӏалаялъул рагъида. Цӏакъ ургъун, берцинлъигун санагӏат рекъезабун ралел руго турказ гӏемертӏалаял минабиги.\nГьалбал рачӏине кколин гӏемераб рагъа-рашари бугоан нахъисеб къоялъ хважаинзабазул. Бугеб-гьечӏеб нигӏмат хӏадуризе журана гьел. Вабабай, дунги гьобол, цоги щалдай рачӏинаян ургъел чӏвана, чӏваниги цоги бакӏалде гьезги йиччачӏо. Дагъистаналдаса ячӏарай журналисталъулгун лъай-хъвай гьабизелъун рикӏкӏадаб Кахраман-Мараш шагьаралдаса ячӏуней Асиятил росасул гӏагарай гӏаданалда дандчӏвазе ана ниж шагьаралде. Анцӏгогӏан сагӏатги нухда бан, анлънусгогӏан километр нухлулги нахъа тун, автобусалдаса рещтӏуней, Европаялъул къагӏидаялъ ретӏа-къарай гӏаданалъул гьурмада свакалъул асарго гуреб, цо парангалъул гӏадаб гьими бугоан.\n-Асият, дуца таржамачилъи гьабеха нижее, -ян шурана дица гьалмагъалъул гӏинде, интеллигент гӏадай Мелигьа йихьидал.\n-Щибжоя? Чӏая мун гьай кӏалъазегӏан, -ян елъулаго балагьана Асият дида аскӏое гӏагарлъулей Мелигьахъ.\n-Вай, Патӏимат, лъикӏ щварай! Кигӏан лъикӏ ячӏарай! Дунги ячӏана мун йихьизе.\nДун гьакӏкӏан хутӏана гьей, Шамилил заманалъго Турциялде гочарал умумузул наслуялъул ясалъухъ балагьун. Жеги магӏаруллъи бихьичӏей, турк гурони мацӏалъ цӏаличӏей, 30 соналъ Стамбулалъул чӏахӏиял музеязда хӏалтӏарай гӏадан дида кӏалъана бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалъ.\nМелигьаца бицана Марашалда гьабулеб, Турциялда бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏунеб дондурмаялъул (мороженное) шагьаралда гӏагарлъухъ бугеб жидерго Ортотепе росулъ санайил тӏобитӏулеб оцбаялъул хӏакъалъулъ. Ракӏалде щвезабуна лъимерлъи, харабазул биценал:\n-Мун нижер росулъе ячӏине ккола, гьенир гӏемерал магӏарулал руго. Херал чагӏаз цӏакъ берцинго бицуна нилъерго мацӏ, гъозда гӏемерал кици-биценалги лъала. Дун гӏумруялъ Истамбулалдаги йикӏун лъалебги кӏочана. Дун гьанже хӏалхьиялда йиго, гӏемер щола росулъе. Исана оцбай дица гьабуна росулъ. Оцал щвечӏо хурир разе, чуялъ бекьана. Лъикӏаб байрам букӏуна, гӏемер чи вачӏуна, садакъа бикьула, батӏи-батӏиял къецал тӏоритӏула. Аскӏоб бугеб росулъаги ахӏула гӏадамал. Гьенирги магӏарулал ругелъул. Гьедин, цоцахъе хьвадула ниж байрамкъояз…\nЦониги магӏарул кечӏ лъалищин абидал Мелигьаца, кочӏол рагӏабазе баянги кьолаго, цо чанго мухъ цӏалана рекӏехъе:\n-Нижер гӏагарай гӏадан йикӏана Шугӏайнат абун. Гьелъухъ рокьи ккун букӏун буго Гӏалиасхӏаб абурав васасул. Гьасиеги кьечӏого, цогидазеги инчӏого йигей гӏолилалъул бицун гӏолилас абун буго:\nИнгишдерил рагъиде\nЩун бихьула багӏарбакъ,\nКодобеги щоларо,\nЩобдасаги унаро, -ян. Ахир кьун йиго Шугӏайнат Гӏалиасхӏабие, амма гъов аскаралде арав нахъ вуссун гьечӏо.\nЦоги, церегӏанго соназ цо яс йикӏун йиго нижерго росулъа васасухъ рокьи ккун, амма гъосие гъой къабуллъун гьечӏо. Гӏолилал данделъараб, цо гвай бугеб бакӏалда гьелъ, васасе квешезего, ахӏун буго:\nЩвайги, гьудул, щвайги,\nдуй чӏужу щвайги,\nКатан бацӏцӏунарей,\nгъал битӏуларей.\nЩвайги, гьудул,\nщвайги, дуй чӏужу щвайги,\nГордил квенчӏелалде\nрахъу бахъуней,\nКъвалазул рагӏалалъ\nкъалал рацӏцӏуней.\nГьевго васасухъ балъго рокьи ккарай цогидай ясалъ гьенибго ахӏун буго:\nЩвайги, гьудул, щвайги,\nдуй чӏужу щвайги,\nГъанситу цӏвакарай,\nцӏилицӏ гургинай.\nЩвайги, гьудул, щвайги,\nдуй чӏужу щвайги,\nКатан гъизуларей, гъал бетуларей, -абун. Гъов васасги кӏиабилеб кечӏ ахӏарай яс ячун йиго чӏужулъун.\nМелигьалгун дир накъитги гьоркьоб къотӏизабун бугӏун рукъ цӏуна тӏаде рачӏарал гьалбадерил салам-каламалъ. Цӏидасанги дун рещтӏаралъуб данделъана, жеги гӏемераб лъай-хъваял ккараб, магӏарул годекӏан."}
{"slug": "8810-giodize-kkaral-ur-shchaj-nil-rel-ulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8810-giodize-kkaral-ur-shchaj-nil-rel-ulel", "title": "Гӏодизе ккаралъур щай нилъ релъулел?", "date": "2020-06-29 08:40:34", "categories": ["history"], "text": "Махӏачхъалаялъул больницаялда хӏалтӏулев тохтур, 60 сонил ригьалде вахарав Гӏалиев Макъсуд, чияца гьумер-кӏалги бухун рокъове вачӏиндал, гӏажаиблъун рукӏана киналго. Кӏалдиб лъуниги килищ хӏанчӏуларев, къварилъиялде ккарав чиясе кидаго кумекалъе гӏедерав Макъсудие ккараб цӏехон гьесухъе щведал, гьес бицана гьадигӏан цӏакъ нилъер, ай дагъистаниязул иш хун батилин киданиги ракӏалде ккун букӏинчӏилан.\n«Махӏачхъалаялъул, Мухӏамад Хӏажиевасул къотӏносан вачӏунаго, шагьаралъул ахикье сверулеб сверулъ гӏодой ккун йигоан гӏолохъанчӏужу. Гьелде тӏаде ралагьун цоял, гьелъие кумек гьабизе бажарараб гьабулел цогидалги ругоан. Дун тохтурлъидалха, дида бичӏчӏана гьелде кӏотен бачӏун букӏин ва, «хехаб кумекги» ахӏун, хӏалбихьана тӏоцебесеб кумек гьабизе.\nЛъавудаса арай гӏолохъанчӏужуялъул керен—бетӏер цебе рехун букӏана. Гьеб бихьарал цо—цо гӏоркьилаз, гӏолилай гӏад—хочӏги гьаюлаго, жидерго телефоналде яхъулей йикӏана.\n«Хехаб кумек» тӏаде щведал, гьез гьей больницаялде ячун ана, дунин абуни гьел гӏолилазе бадибчӏвай гьабизе лъугьана. Дица гьезда берцинго бичӏчӏизабулеб букӏана инсанасул къварилъиялда тӏад релъизе бегьуларин, нилъер эбел—яц камурав чиги вукӏунарелъулин. Дица цо абун, гӏоркьилаз кӏиго абун, нижер хабар хӏалуцана ва иш рагъде ккана. Лъабго—ункъоясде данде дир хӏал гӏелищха, къокъабго заманалда жаниб, гӏиссинлъималаз тӏадеги руссун, гьаб жо гьабунаха диеги», — ян бицана Макъсудица хъахӏиллъарал беразда кверги бахъулаго.\nБищунго гӏажаибаб жойилан тӏадеги жубана гьес, аскӏосан унел рукӏаразул цонигияс хӏалбихьичӏила жал ратӏа гьаризе, цо чӏужугӏадан чӏичӏидун, ахӏдон лъугьиндал, талихӏалъ, тӏурун анила гӏоркьилал.\nПятигорскиялде сапаралъ унаго, ингушазул Барсуки росдал рагӏалда кӏиго машинаги дандречӏчӏун, цӏакъ вахӏшияб авария ккун батана. Цояб машинаялда рекӏун букӏана цӏа. Амма сундухъго балагьичӏого, тӏаде рачӏа-рачӏараз хӏаракат бахъулеб букӏана авариялде ккарал машинаялъуса къватӏире рахъизе, цо чангоялин абуни лъугьана талихӏкъосараб гьеб лъугьа-бахъин телефоназде бахъизе. Гьединал хӏужаби, хасго ахираб заманалда, цӏакъго гӏемерлъулел рукӏин бихьула интернеталде балагьидал. Жидерго телефоназде рахъарал гьел жал социалиял гьиназде рехулел ругелъулха кепалъего гӏадин. Щибха гьелъул магӏна? Лъавукълъийищ, инжитлъийищ яги хӏалихьалъийищ? Балагьги къварилъиги гьикъун бачӏунарелъул. Аллагьас цӏунаги, амма жидерго эбел-эмен, яцал, ясал гьединаб къварилъиялде ккани, гьезул суратал цогидаз рахъизеги, гьел интернеталдеги рехун гӏаламалдаго рихьизе лъезеги бокьиладай цогидазул къварилъиялда тӏад релъулезе?\nДагъистаниял, кавказиял кидаго рукӏана къварилъи ккаралъуре тӏоцере рортулеллъун, балагьалде ккаразе кумекалъе рахъунеллъун. Гьединал хӏужабазул, ай кавказиязул бахӏарчиял ишазулги нилъеда гӏемер рагӏана. Жиндирго рухӏги кьун гурищ нилъер ракьцояв, гӏумруялъул 24 сон барав Марат Рахӏметовас Москва гӏурулъ гъанкъулел рукӏарал ясал хвасар гьарурал? Астраханалда, пуланаб минаялда рекӏараб цӏадул балагьалъукьа кавказияс гурищ гьитӏинаб лъимер хвасар гьабураб? Москваялда, мехтарал гӏоркьилаз инжит гьавулев вукӏарав херав чи дагъистанияз гурищ нахъе вачарав? Чан нилъеда рагӏарал гьединал хӏужаби? Гьездаги кӏвелаангури, жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъул пикруги гьабун, нахъегӏанги чӏун лъугьа-бахъунеб телефоналде бахъизе? Амма гьездаги гьединалго цогидал гӏолохъабаздаги бичӏчӏула жал дагъистаниял, кавказиял рукӏин. Кавказалда балагьалде ккаразе кумекалъе рортулеб гӏадат дагьабниги яхӏ-намус бугесул бидулъ бессун букӏин. Чияр къварилъиялда тӏад релъи — Кавказалда инжитлъилъун рикӏкӏунеблъи. Гьедин букӏана гӏасрабаз, гьедин малъулаан умумуз лъималаздаги.\nСвалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго: «Гӏадамазда гурхӏуларесда Аллагьги гурхӏуларо», — ян. Цогидаб хӏадисалда буго: «Жидер рекӏелъ гурхӏел бугезда Аллагь гурхӏула, нуж ракьалда ругел гӏадамазда гурхӏа, зобалазда ругел малаикзаби нужедаги гурхӏила», — ян.\nАллагь разилъаяв Гӏумар ибну Гӏабдул-Гӏазизица абуна: «Аллагьасе бищунго бокьулеб лъабго гӏамал буго: рецӏел босизе кӏолеб букӏаго тӏаса лъугьун тей; ццим бахъиналда аскӏоб сабру гьаби; Аллагьасул загӏипал лагъзадерида гурхӏи», — ян.\nЦо нухалда аварагас, михӏмаралдеги вахун, ахӏун абуна: «Ле, кӏалалъ бусурбанлъарал, рекӏелъе иман лъугьинчӏел гӏадамал! Нужеца бусурбабазе зарал гьабуге, гьезде рогьоги баге, хадур лъугьун гьезул гӏайибалги ралагьуге. Бусурбанчиясул гӏайибал ралагьулев щив чи вугониги, Тӏадегӏанав Аллагьас гьесул гӏайибалги ралагьула. Аллагьас гӏайибазда хадув лъугьарав чи, дунялалдаги ахираталдаги къватӏивги чӏвала, рокъов вахчун гьев вугониги», — ян.\nКинабха бугеб жакъасеб къоялъул хӏакъикъат? Жакъа нилъ дагьал гӏиссинлъулел руго. Гӏедегӏулел руго гӏодизе ккаралъур релъизе, чияр къварилъиялда тӏасан гали бегьунги гӏарцуе лагълъи гьабизе. Жакъа нилъер щивасухъ кодор ругел телефоналги, планшеталги, ноутбукалги ва цогидабги алат буго нилъее кьураб рахӏмат. Гьездаса битӏун пайда босани, гьел нилъее нигӏматлъун рукӏуна, мекъи хӏалтӏизабуни – жужахӏалъул гӏазаблъунги батула. Щукру гьабичӏеб нигӏмат нахъе босулинги абун бугелъул, щай нилъ заманалъул лагъзаллъун рукӏине кколел? Щай нилъеца заман нилъеего мутӏигӏ гьабулареб?"}
{"slug": "8811-kiochon-teze-res-gechieb-tarikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8811-kiochon-teze-res-gechieb-tarikh", "title": "Кӏочон тезе рес гьечӏеб тарих", "date": "2020-06-29 09:14:49", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "…Хӏайдар жанив рехидал\nХайбаралъул къавмалда,\nКъварилъи бихьанадай гьанже гӏадаб кӏудияб.\nГӏураби гьаргьадулеб Дагъистаналъул боцӏи,\nДажалил къавмалъ квине\nкомсомолаз бикьана.\nКагӏбаялде инилан данделъараб магӏишат,\nГарцӏил боял тӏаде гъун тӏагӏине гьабун тана.\nГӏалимзабаз гьекъолел\nфикъгьиялъул тӏахьазда,\nТӏад хӏур бетанин абун ахӏаби рачӏун руго.\nИбнухӏажар гьекъолел Хӏабибасул варисал,\nРасмуялъул гьабзаца гьумер бетӏулеб буго.\nГьанже гӏоде, гӏадамал,\nтечӏин гӏакълу бугев чи,\nЧанги гӏалим туранин тушбабазул турмабахъ.\nГьал рагӏабазул автор ккола Гӏасаса Дибирасул Мухӏаммад (Ягӏсуб). Гьал руго гьес мацӏихъабаз мацӏги гьабун туснахъалъув тӏамидал, туснахърукъалъул гьитӏинабго гордухъан бачӏараб загӏипабго канлъухъе хъвараб «Туснахъалдаса кагъат».\nДагьал гьечӏо Шамил районалда зияратал ва щибаб зияраталъул буго жиндирго тарих. Дун щвана Къахӏиб росулъеги. Щвана 1937 соналъ 85 сонил гӏумруялда вугев, тӏарикъаталъул агьлуялъе жив аслуго бацӏцӏадав жавгьарлъун вукӏарав мубарак Хӏасан-афандияс (къ. с.) рехун тараб минаялъуве. Жеги устарасул кверазул хинлъи цӏунун бугин ккана доб 1937 соналъул сардилъ гьес ахирисеб нухалъ ккураб нуцӏил кверкъелалда.\nСихӏкъотӏи буго устарасул рукъалъул азбаралда. Гьес нус-нус муридзаби, жиндиего бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, балъго къабул гьарураб хӏужраялъул нуцӏа къан буго. «Дир рукьби кир рукӏаниги, дун гьанив вуго, дир рухӏги гьаниб буго», — ян ахӏулеб гӏадин хӏужраялъуре лъугьунеб нуцӏида тӏад буго художникас махщалида бахъараб Хӏасан- афандиясул сурат… гьанир нилъгун кӏалъала щибаб гамачӏ, рокъоб бугеб щибаб тӏагӏел…\nГьале къехӏдерил хобал. Гьанибги сихӏкъотӏи буго. Гьеб сихӏкъотӏиялда щибаб заниялъ нилъеда бицуна жиндирго тарих, жинда цебе бугеб ракьул гохӏалда гъоркь, ракьул чохьонив щив кьижун вугевали, гьаниб ракьалда тӏад гьес кинаб лъалкӏ нахъе тарабали.\nГьале доб, халкъул гӏаламалъего къиматав къутӏбу Хӏасан Хӏилмияс (къ.с.) жиндиего хоб бухъизеян тӏаса бищун букӏараб ракьул кесек. Гьениб устарасул цӏарги тӏад бикӏараб берцинаб ганчӏил заниги чӏван буго.\nЧан гьел рукӏарал? Жидер гӏакъиллъиялъеги, цӏодорлъиялъеги, гӏелмуялъеги гӏоло кьучӏ гьечӏелщинал гьерсалги кьолон туснахъалъур тӏамурал жавгьарал.\n…Гьан махӏцани, цӏам щвала, цӏар кӏудияб Дагъистан,\nЦӏамги махӏцанин гьанже, гьабе, Аллагь, цо сабаб…\nГьел рагӏабиги руго Мухӏаммад Ягӏсубиясул «Туснахъалдаса кагъаталдаса» росарал.\nЛъицаха Дагъистаналда цӏамгицин махӏцинабураб? Коммунистаз, комсомолаз, гьерсихъабаз, мацӏихъабаз… гьелда къокълъаниги бегьила. Гьел киназго квербакъана, квербакъунцин течӏого кумекги гьабуна. Киназго кинабго гӏайиб рехула заманалде, амма заманалъул хӏубаллъун ругел жалго кӏочон тола. Цо-цоязул кӏалдир ругьунал рагӏаби руго как-кӏалалъе доб коммунистазул заманалдаги квалквал гьабулеб букӏинчӏилан.\nТезин гьедин букӏанин. Гьале къадирияб тӏарикъаталъул устар Хӏайбуллагь-хӏажиясул (къ.с.) зани. Гьесул хабада тӏад бан букӏараб рукъ дол соназго комсомолаз биххана. Гьелъие нугӏзаллъун руго къед биххун гьенир хутӏарал ганчӏал, Хӏайбуллагь- хӏажиясул (къ.с.) хабада бугеб зани, живго гьев ва гьесда сверухъ бугебщинаб хобалазул агьлу.\nГьале некӏсияб Гьоор росу. Бечедаб буго гьелъул тарих. Гьелъие нугӏзаллъун хутӏун руго чӏвадназде сверараб басрияб росдал къадал, росдаего берцинлъи кьурал, росуцоязул бахӏарчилъиялъеги, къохӏехьеялъеги чӏагоял нугӏзаллъун ругел рорхатал ганчӏил сиял.\nРосу рагӏалда руго Шамил имамасул рагъда шагьидлъарал гъазизаби ракӏалде щвеялъе рарал занал. Жакъа гьениб буго 21 зани, росуцояз бицана гьел лъебергогӏанасел рукӏанилан ва комсомолаз щущазарунин. Гьел заназул цонигиялда тӏад хъварал цӏарал цӏализе лъаледухъ гьечӏо. Комсомолаз квартӏица хвезарун руго заназда хъварал гъазизабазул цӏарал. У ле, комсомолаз хӏаракат бахъун буго тарихалдаса гьезул цӏарал нахъе хъвагӏазе. Росуцоязул рекӏелъа гьел лъицаха хъвагӏалел? Лъида кӏочон телел гьезул бахӏарчиял гьунарал? Замана хиса-сверулеб жо буго. Цебе букӏун батани коммунистазул гӏасру, гьанже буго Исламалъулаб гӏасру. Некӏсияб Гьоор бан бугоан борхатаб кьурул рагӏалда бацӏцӏадаб ганчӏил тӏалуялда тӏад. Гьенир кьурул рагӏаллъиялда руго шайих Рамазанилги, Аллагьасул вали Ахӏмадилги зияратал. Битӏахъего чуязда ва хӏамузда баччун, гьезул зиярат бугеб «Зулирагӏал» абулеб бакӏалдаса кьурса гӏодоре ралел рукӏун руго Къуръаналги гӏелмуялъул тӏахьалги.\nРосуцояз бицунеб буго парторганизациялъул секретарасги росдал советалъул председателасги гӏалимзабаздеги гӏелмуялдеги данде рагъ балеб мехалъ гьезул рахъ кколелги гӏемерал рукӏанилан. Чӏагояздасани киса гурин гьел хӏинкъуларел, хӏатта хвараздасацин хӏинкъулел рукӏиналъе нугӏлъи гьабулеб гьечӏищ гъазизабазул лъукъарал заназ.\nРукӏун руго росулъ «тӏагъур бахъизеян ритӏараб мехалъ горбодаса къотӏун бетӏер босун рачӏунелги». Гьединал нахъе къачӏо росулъ рукӏарал гӏалимзабазул занал гъуризецин. Будун-хӏажияв вукӏана лъелго ун хӏеж борхарав лъикӏав гӏалимчи. Ирга щвана гьесул зани бекизеги. Гьецӏокъги кьабун «бахӏарзаз» гьесул заниялъул лъабго кесек гьабуна. Гьелдаги къокълъизе букӏинчӏо «гӏащтӏичагӏазул» гьунар гьение Будун- хӏажиясул яс Патӏимат щвечӏейани.\n— Дир жаназаялда тӏасан гали бан хадуб гурони нужеца дир инсул заниялда квер хъваларо, — янги абун, хӏинкъи тӏаде ккараб мехалъ гъалбацӏалъ жиндирго тӏанчӏи цӏунулеб гӏадин, жиндирго инсул заниялда цее, квералги ригъун, эхетана магӏарулай. Жакъа доб вахӏшияб заманалъул вахӏшиял гӏадамазул вахӏшиял ишазе нугӏлъун буго Будун-хӏажиясул лъабго кесекалде бекараб зани.\nЩибиланха гьелда абилеб? Гьеб гурищ доб вахӏшилъи?! Цӏакъго цебе заманалда букӏараб лъугьа-бахъин гуро гьеб. Гьединал, гьелдасаги цӏикӏкӏун гӏорхъолъа рорчӏарал зулмаби хӏехьана умумуз. Гӏемерал чӏагоял нугӏзал руго гьезие. Букӏинчӏищха коммунистазул зулму, хасго диниял суалазда сверухъ!? Чан щибго гӏайиб гьечӏел бусурбаби тӏагӏинарурал «цӏаларал чагӏийилан» мугьруги чӏван араб рахъ-мухъ лъаларедухъ?! Лъицаха рикӏкӏунел рукӏарал мажгиталги къан балъго цо пуланаб бакӏалда мавлидалда данделъарал бусурбабазул калошал? Лъица мажгитал рагӏи-хер лъолел гьоразде, клубазде, библиотекабазде руссинарурал? Щал росулъе рачӏараб мехалъ къулгӏабахъе бецун мичӏчӏ балеб букӏараб жанир какал ралел гьечӏилан ккезе? Лъица абилеб школазда учительзабаз кӏал кколаредухъ лъималазда лъим гьекъезабулеб букӏинчӏилан? Суалал, суалал… Гьезие ахирго букӏинаро.\nАллагьасе рецц буго, Жиндир хӏалкӏвеялдалъун доб зулмуяб заманги тӏаса ун, дин-исламалъе эркенлъи кьурав. Жакъаги дагьал гьечӏо исламалде данде къеркьолел атеистал. Абула гӏоралъ хъамун унев сумагӏучӏалдецин хапдолилан. Гьелъухъего, коммунистазул гӏасруги тӏаса ун, Исламалъул гӏасру бачӏараб мехалъ гьезги щибха гьабилеб? Гьеб буго гьезул хвалда цебесеб хапдей.\nКире кӏанцӏилел хӏакъикъаталдаса? Бихьугеги нилъеда тӏокӏаб додинаб вахӏшияб заман! Амин!"}
{"slug": "8812-vatianalde-bugeb-rokul-kvatsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8812-vatianalde-bugeb-rokul-kvatsii", "title": "Ватӏаналде бугеб рокьул квацӏи", "date": "2020-06-29 10:39:58", "categories": ["insan"], "text": "Санал ран цӏикӏкӏанагӏан, цӏакъго бокьулеб буго умумуз нилъее тараб кӏалзулаб хазинаялъухъ гӏенеккизе. Гьанже гурони, гьезул магӏнаги тӏубанго бичӏчӏулеб гьечӏо. Рагӏараб гӏакъилаб каламги къалмиде босизе бокьулеб буго. Руго нилъеда гьоркьорги гьединал гӏадамал. Гьезул цоявлъунги ккола дир росуцояв, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, дунялалдаго машгьурав гӏалимчи Шамил Гӏалиевги. Щвана гьесухъе цӏалдохъаби рачунги, щола дунгоги.\nМахӏачхъала шагьар. Ленинил майдан.\nГьениб эхетараб чӏухӏараб мина.\nАнлъабилеб тӏала – гьале кабинет,\nКъаси нахъалъагӏан бакараб чирахъ.\nМашгьурав гӏалимчи хӏалтӏулев вуго,\nХӏалкӏолев Бетӏергьан, цӏуне гьев нижей.\nГӏелмуялъул ралъад гьелчолеб буго,\nГьелъул карачелал гучлъулел руго.\nГьасухъе гӏадамал гӏедегӏун руго,\nЖакъаги кабинет кьабгӏун цӏун буго.\nГьасул гӏумруялъул дарсахъ гӏенеккун,\nГӏисинал-чӏахӏиял паналъун руго.\nПикрабалъ цӏидасан Тӏанусив вуго,\nИнсул минаялъухъ хӏасратлъун вуго,\nХуриса Гӏалица гьаниб бицараб\nКъисматалъул къиса къалъулеб буго.\nДурго гӏадатлъиялъ тӏадегӏанлъарав,\nТӏадегӏанлъаниги, гӏадатлъарав мун.\nМун – гӏагараб росдал къиматаб жавгьар,\nМун – инсул цӏаралъул хӏикматаб цо чӏва.\nЗодоб цӏваялдацин цӏар лъурав Шамил,\nЦӏвалъун хутӏила мун росуцоязе.\nРосдал адаб ккурав, гӏадат цӏунарав,\nТӏанусиса Шамил – мун нижер чӏухӏи.\nЦо нухалда росдал цӏалдохъабиги рачун щвана гьесухъе. Цӏакъго лъикӏ къабул гьаруна гьес ниж. Гьабураб гӏаданлъи рагӏалде бахъинабизе гӏадин, гьес ниж кваназе кафеялдеги рачана. Ниж гӏорцӏараб гӏадаб мехалъ, гьимулаго, гьес нижеда гьикъана Тӏануси росулъ рижулел хурдуздаги тӏугьудуздаги цӏарал магӏарул мацӏалда лъида лъалелилан. Рагӏа-ракьанде щун, жеги гьел цӏарал лъазарун рахъинчӏо дир. Амма кӏудияв гӏалимчиясул заман гӏун буго гьединал гӏиси- бикъинал жалазде кӏвар буссинабизеги. Бокьула гьесул гӏагараб росдахъ урхъараб хабаралъухъ гӏенеккизеги. Гьанир гъоркьехун кьолел руго дица кицаби-абиязда релълъарал гӏалимчиясул гӏакълаби. Гьал къоязда гьес тӏубала 77 сон. Бокьун буго, гьавураб къоги баркулаго, машгьурав гӏалимчиясе гьаризе гӏелмуялъул дагьалги чӏахӏиял рорхалъаби мутӏигӏ гьаризе жан-жигар.\nГӏумруялъул дарсал\n1) Дие бокьун буго щивав чиясда бичӏчӏизе ва лъазе жиндие щай къваригӏун бугеб жинцаго гьабулеб ишали. Бокьун буго нужедаги бичӏчӏизе, гьеб кинабго бичӏчӏун хадуб, рекӏелъ рещтӏунеб рохалил асар —дуцаго дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.\n2) Дуда цо щиб бугониги лъалеб ва дуца гьелъул хӏакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичӏчӏулеб бугони, гьелъул магӏна ккола гьеб дудаги бичӏчӏулеб бугин абураб.\n3) Гӏурус рагӏабазул лъабго «в»—вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухӏияб хӏаракатчилъиялъул аслулъун.\n4) Ракьалда гӏемерал санал ранагӏан, дие рокьулел руго лъималги херал чагӏиги. Гьанже цӏикӏкӏун хараби рокьула.\n5) Инсан киданиги вукӏунаро жиндиего бокьараб хӏалалда талихӏавлъунги жинцаго рикӏкӏунев гӏадав талихӏкъаравлъунги.\n6) Кибго, кидаго, бокьараб заманалда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.\n7) Гӏелмуялъул тарихалда бищунго кӏвар бугеблъун ккола пикраби церетӏеялъул тарих. Пикрабазул гӏелги заманги букӏунаро.\n8) Студентазда, аспирантазда, ай гӏелмуялда тӏадчӏаразда киданиги ракӏалде ккезе бегьуларо кигӏан кӏудияб машгьурлъиялъул гӏалимчиги жидедаса тӏадегӏанав вугилан.\n9) Щиб жо кколеб талихӏ? Талихӏ ккола киналдего нилъ хӏадурго рукӏин.\n10) Цӏалдохъабигун, студенталгун дандчӏвазе унелъул, дун рахӏатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутӏула. Ракӏчӏун нилъеда лъаларел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичӏчӏулебги гьечӏони, щиб нилъее къваригӏун бугебали.\nАмма цӏакъго кӏудияб асар гьабун букӏана дие цо нухалда росуцоязде цеве вахъунелъул, гьес абурал рагӏабаз:\n— Дунялалъул чанги пачалихъалъул трибунабаздасан кӏалъана дун. Кӏалъазе кӏолеб букӏана эркенго.\nЧан нухалда росуцоязда цеве вахъунев вугониги, щибаб нухалда цо рахӏатхун лъугьуна дун, черхалда гӏетӏги бала, жавабчилъиги цӏикӏкӏуна. Щибаб рагӏул жаваб.\nГьеб батизе буго гӏалимчиясул гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьул къатӏрабазул квацӏи."}
{"slug": "8813-kiudiyab-kh-izan-talikhiab-kh-izan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8813-kiudiyab-kh-izan-talikhiab-kh-izan", "title": "Кӏудияб хъизан – талихӏаб хъизан", "date": "2020-06-29 10:45:02", "categories": ["pismo"], "text": "Улкаялда хӏурият ккун хадуб гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагӏаялда рекъон, Цӏунтӏа районалда гӏумру гьабулеб букӏана 80 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс. Гьабсагӏаталда вуго 25-30 азарго цӏунтӏасев. Гьелъие гӏиллалъунги дида бихьула жакъасел хъизамазда дагьал лъимал гьари.\nСоветияб заманалда районалда йикӏана лъимал гӏемерай, ай бахӏарчияйлъун рикӏкӏарай 300 эбел. Гьезул цояй ккола Лъерулъ росулъа Гӏайшат Мухӏамадова. Гьабсагӏаталда Гъизляр районалъул Красный Восход абураб росулъ гӏумру гьабун йиго гьей. Гьелъги гьелъул рос Ахӏмадицаги гӏезабуна 10 лъимер.\nАхӏмад Мухӏамадов (Цӏакилав) ккола 1938 соналда гьавурав чи. 1944 соналда, Цӏунтӏа районалъул росабазул жамагӏатал Чачаналде гочинарураб заманалда, гьес бан букӏана анлъго сон. 1957 соналда умумузул ракьалде тӏад руссана цезал. Амма росабазул бакӏалда гьезда гьенир ратана чӏваднал. Цӏидасан разе ккана росаби.\nАхӏмад ана Махӏачхъалаялъул зооветеринарияб техникумалда цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, комсомолалъул путевкаялда рекъон, хӏалтӏана Свердлов областалда, Башкириялда ветеринарияв тохтурлъун. Гӏагараб ватӏаналде тӏад вуссиндал, хӏалтӏана районалъул ветеринариял хъулухъазда, рохьил магӏишаталъул отделениялда, росдал советалъул депутатлъун. 1984 соналда гочана Гъизляр районалъул Красный Восход росулъе. 1985-1990 соназда вукӏана Гъизляралъул ветстанциялъул ветеринарлъун. 1993-2013 соназда – токалъул контролерлъун.\nАхӏмадилги Гӏайшатилги буго 10 лъимер: анлъго васги ункъо ясги. Гьабсагӏаталда гьел руго Цӏунтӏа ва Гъизляр районазда батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулел. Масала, гьезул вас\nШамил ккола Цӏунтӏа районалъул бетӏер. Гьес гьарулел ишаздаса рази руго ракьцоял. 2019 соналда Вицӏиялъги Элбокъги росабалъ рана ФАПазе минаби. Районалъул школазда рана цӏиял хӏажатханаби. Кӏилъартӏа, Сагьада, Кидеро ва Шаури росабазул школазе росана автобусал. Бан бахъинабуна Ицирахъ-Акди росабалъе 78 километралъул халалъи бугеб шагьранух. Гьабсагӏаталда балеб буго Шаури-Эчеда-Кидеро шагьранухги. Хӏисабалде босун буго Гениялъ, Мокъокъ ва Сагьада росабазул школазе цӏиял минаби разеги. Гьелдаго цадахъ Шамил Мухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь хӏадурлъулел руго Цӏунтӏа районалъул 90 сонилаб байрам кӏодо гьабизеги."}
{"slug": "8814-gianki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8814-gianki", "title": "Гӏанкӏ", "date": "2020-06-29 10:52:24", "categories": ["deti"], "text": "Гӏанкӏица росдада гӏагарда гӏумру гьабулеб букӏана хасало. Сардил ригь щвараб мехалъ гьеб цояб гӏинги эххеде борхун гӏенеккана; цинги цоябги борхана; михъалги кьур- кьуризарулаго сунтӏана гьелъ, цинги нахъисел квачӏазда бахъун чӏана. Цинги гьеб гъваридаб гӏаздалъан кӏанцӏана, нахъеги кӏусун сверухъ бала-гъалагьизе лъугьана. Сверухъ киса-кибего гӏазу гуреб, тӏокӏаб щибниги бихьулеб букӏинчӏо. Гӏазу кенчӏелеб букӏана. Гӏанкӏил ботӏрода тӏад квачалъул хӏухьел бугоан чӏун, гьеб хӏухьладасан гвангъарал, кӏудиял цӏваби рихьулел рукӏана.\nГӏанкӏица гьоцӏабахе ине кӏудияб нух бахине кколаан. Кӏудияб нухда чанагъазул къиркъириги чуязул пурххиги рагӏулеб букӏана.\nНухде гӏагарлъухъ гӏанкӏ нахъеги чӏана. Гьакихъаби жидерго чанагъазда хьолбохъан рилълъунел рукӏана жем-жемун жидерго тӏингъалъгун, рахчун гарбалгун. Гӏанкӏ гьоцӏалъе бекерана. Унаго, гьелда бихьана кваналеб кӏиго гӏанкӏ. Кваналаго, расандилаго ругоан гьел. Гьаб гӏанкӏ гьалмагъзабигун басандилебги букӏун, гьезда цадахъ цӏорораб гӏазу хъирщун, гӏурччинаб ролъги кванан, жеги добегӏан ана.\nРосулъ дунял сасун чӏун бугоан, цӏаял ссун рихьулаан, цо рокъосан къватӏибе гӏодулеб лъимадулги, цӏороялъ кьватӏизарулел чӏалаби-хӏубазулги гурони, тӏокӏаб жоялъул гьаркьал рагӏулел рукӏинчӏо. Гӏанкӏ гьоцӏабалъе щвана, гьенир гьелда гьалмагъзаби ратана. Гьеб гьезда цадахъ басандана, гӏариялдаса дагьаб ниха кванана, цинги гӏаздаца бахчараб тӏохдасан гьоробе тӏаде бахун, гьенисан чалиялъухъе ун, чолонисанги лъугьун, нахъбуссун жиндирго расалъиялде балагьун ана.\nБакъбаккул рахъ багӏарлъун бачӏунеб букӏана. Цӏваби дагьлъана, ракьалда тӏад цӏорол хӏухьел тӏадеги цӏакъ бахъине лъугьана. Аскӏоб бугеб росулъ руччаби кьижаралъусаги рахъун, лъадаре унел ругоан; бихьиназ гьоцӏабалъан рагӏи баччун унеб бугоан, лъималазул хъуй ва гӏоди рагӏулеб букӏана. Нухккун гӏебеде гӏемерал унел рихьулаан чанагъазул тӏелал, гьакихъаби биччан гьаракьгун, гаргалел рагӏулаан.\nГӏанкӏ кӏанцӏун нухги къотӏун, жиндирго басрияб каратӏ бугеб бакӏалде щвана; борхатаб гӏадинаб бакӏги балагьун, бухъ-бухъун гӏазуги тирщахъ бан, жиндирго гьеб цӏияб каратӏалдехун мугъги рехун бегана. Мугъзада тӏад гӏундулги регизе риччан, ричӏухъе бералгун кьижана.\nЛев ТОЛСТОЙ"}
{"slug": "8848-rool-khiukhbakh-i-zakonalda-rek-on", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8848-rool-khiukhbakh-i-zakonalda-rek-on", "title": "Роол хӏухьбахъи – законалда рекъон", "date": "2020-07-02 15:10:41", "categories": ["obshestvo"], "text": "2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб ва 2019 соналъул 27 октябралдаса нахъе къуватаблъун рикӏкӏунеб «Лъималазул хӏухьбахъи ва сахлъицӏуни гӏуцӏиялъулъ пачалихъалъул гӏахьаллъи камил гьабиялъул рахъалъ ругел законазул цо-цо актазда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ» абураб № 336 федералияб законалдалъун хиса-басиял гьаруна 1998 соналъул 24 июлалда къабул гьабураб «Россиялъул Федерациялда аслиял лъималазул ихтиярал цӏуниялъул хӏакъалъулъ» абураб №124 федералияб законалдаги.\nМасала, тӏоцебесеб статьяялъул ичӏабилеб абзацалда тӏаде жубана «лъималазул хӏухьбахъи ва сахлъи щула гьаби гӏуцӏулел идарабазде ращалъула гьеб ишалда гӏахьаллъулел ва гьабго федералияб законалъул тӏалабал цӏунун хӏалтӏулел хасал предпринимателалги» абун.\n1988 соналда къабул гьабураб №124-ФЗялда хъван буго, нагагь хӏухьбахъизе ва сахлъи щула гьабизе сакъатал лъимал къабул гьарун ратани, гьезул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏел киналго шартӏал гӏуцӏизе кколин абун. Гьелде тӏаде жубан буго, лагералъул бетӏергьабазда тӏадаб бугин сакъатал лъималазе тӏоцебесеб ва медицинаялъул кумек гьабиги, хасго туристазул сапаразда рукӏаго, слетазда гӏахьаллъулаго ва цогидал тадбиразда рукӏаго. Лъималазул хӏухьбахъигун сахлъи щула гьабиялъул идарабазул сияхӏалда гьоркьоре рачиналъул мурадалда гьединал идарабаз жидер хӏакъалъулъ баянал кьезе ккола РФялъул субъекталъул пачалихъиял идарабазде.\nГьединго 1998 соналъул 24 июналда къабул гьабураб №124-ФЗялде тӏаде журан руго 12.2-12.4 статьяби. Гьениб бицунеб буго лъималазул хӏухьбахъигун сахлъи щула гьаби гӏуцӏулел идарабазул сияхӏалдаса пуланаб лагерь бахъиялъулги гьенибе халгьабиялъул хӏалтӏухъаби ритӏиялъулги шартӏазул хӏакъалъулъ.\nГьелде тӏадеги, 2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб №338 федералияб законалда рекъон, хиса-басиял гьаруна РФялъул Административияб низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ кодексалдаги. Гьениб тӏаде жубана 14.65 статья: лъималазул хӏухьбахъигун сахлъи щула гьаби гӏуцӏулеб идараялъухъа яги хасал предпринимателазухъа, реестралда гьечӏого гьеб хӏалтӏи гӏуцӏаралъухъ, миллон гъурщиде гӏунтӏун гӏакӏа бахъиялъул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "8849-2020-sonalda-vuzalda-k-abul-gariyal-ul-khasl-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8849-2020-sonalda-vuzalda-k-abul-gariyal-ul-khasl-abi", "title": "2020 соналда вузалда къабул гьариялъул хаслъаби", "date": "2020-07-02 15:13:59", "categories": ["obrazovanie"], "text": "2020 соналъул 15 июналда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьабураб №726 приказалда рекъон чӏезарун руго исана бакалавриаталдеги, специалитеталдеги, магистратураялдеги цӏализе лъугьиналъул, гьединго аспирантураялда гӏелмиялгун педагогиял хӏалтӏухъаби хӏадур гьариялъул рахъаз хаслъаби.\nБакалавриаталдеги специалитеталдеги документал къабул гьаризе руго абитуриентаз ЕГЭ кьелалдего ва пачалихъиял экзаменазул хӏасилал лъалелдего. 2020 слналъул 15 иналде вузалъул сайталда лъезе ккола щибаб вузалъ гӏуцӏулел экзаменазул расписание.\nАбитуриентас жиндирго документазда цадахъ вузалъул электронияб почалде яги «Поступление в вуз онлайн» абураб сервисалъул кумекалдалъун битӏизе ккола цӏализе восеян абун хъвараб хитӏаб. Документал ритӏизе бегьула конверталда жанир лъун почалдасанги яги – рес батани – вузалъул хасаб комиссиялдеги вачӏун (кодоса кодобе).\nАбитуриентасе хӏажатал цогидал баяназухъ балагьизе бегьула тӏасабищараб вузалъул сайталда. Абизе ккола, улкаялъул хӏинкъи гьечӏолъи ва рагъулаб оборона цӏуниялъул махщелчагӏи хӏадурулел вузазде цӏализе росиялъул буго батӏияб къагӏида."}
{"slug": "8893-rfyal-ul-tsiigaburab-konstitutsiyalda-giadamazul-ikhtiyaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8893-rfyal-ul-tsiigaburab-konstitutsiyalda-giadamazul-ikhtiyaral", "title": "РФялъул цӏигьабураб Конституциялда гӏадамазул ихтиярал", "date": "2020-07-06 08:34:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "Россиялъул Конституцияллда хиса-басиял гьариялъул аслияб магӏна ккола улкаялъул гражданазул социалиял ихтиярал цӏуни, щайгурелъул гьел хиса-басияз жеги мухӏкан гьаруна социалиял ихтиярал цӏуниялъулъ пачалихъалда тӏадаб борчалъул хӏакъалъулъ бицунел нормативазда рехсарал баянал.\nАслияб ишалъулаб нормалъун букӏине буго социалияб рахъалъ бугеб пачалихъалъул борч. Масала, бищун дагьаб моцӏрол харж бащалъизабулеб буго моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралде (МРОТ). Щибаб соналда гьабизе буго пенсиязул индексацияги."}
{"slug": "8894-mrotaldasa-dagab-gureb-bishchun-giodobegianaseb-motsirol-kharzh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8894-mrotaldasa-dagab-gureb-bishchun-giodobegianaseb-motsirol-kharzh", "title": "МРОТалдаса дагьаб гуреб бищун гӏодобегӏанасеб моцӏрол харж", "date": "2020-07-06 08:43:59", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Россиялъул Федерациялъ адаб гьабула гражданазул захӏматалъул ва хӏакълъунго цӏунула гьеб рахъалъ гьезул ихтиярал.\nПачалихъалъ тӏаде босула Россиялъул тӏолабго Федерациялда хӏалтӏизе бажарулел гражданазул бищун гӏодобегӏанасеб моцӏрол харж моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралдаса дагьаб гуреблъун гьабизе», — ян тӏаде жубан буго Конституциялъул цӏияб редакциялъул 75-абилеб статьяялде.\nГьеб статьяялдалъун мухӏкан гьабун буго Конституциялъул анкьабилеб статьяялда кьураб гьадинаб баян: «РФялда цӏунула гӏадамазул захӏматги сахлъиги; чӏезабула чӏванкъотӏараб бищун дагьаб моцӏрол харжги; пачалихъалъ кумек гьабула хъизамалъеги, эбеллъигун эменлъиялъе ва лъимерлъиялъеги, сакъатазегун ригь арал гражданазеги; церетӏезарула социалиял хъулухъал, чӏезарула пачалихъиял пенсияби, пособиял ва социалияб рахъалъ цӏуниялъе цогидал шартӏал»."}
{"slug": "8895-pensiyazul-va-posobiyazul-indeksatsiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8895-pensiyazul-va-posobiyazul-indeksatsiya", "title": "Пенсиязул ва пособиязул индексация", "date": "2020-07-06 08:48:28", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Россиялъул Федерациялда пенсиялдалъун гражданал хьезариялъул къагӏида гӏуцӏула щивасе пенсия щвеялъул рахъалъ ритӏухълъиги цӏунулаго, батӏи-батӏиял ригьалъул гӏадамазул пикруялъулъ тӏадрекъейги кьочӏое босун, чӏезабула гьелъул пайдаяб хӏалтӏи, гьединго щибаб соналда, ай лъагӏалида жаниб цоцӏул, федералияб законалде рекъонкколедухъ гьабула пенсиялъул индексация», — ян хъван буго цӏигьабураб Конституциялъул 75-абилеб статьяялъул анлъабилеб бутӏаялда.\n«Россиялъул Федерациялда, федералияб законалда рекъон, чӏарагьечӏеблъун ккола социалияб страхование, щивав гражданинасе социалияб рахъалъ кумек гьаби ва социалиял пособиязулгун цогидаб кьолеб гӏарцул индексация гьаби», — гьале цебехун рехсарабго статьяялда гьоркьобе бачараб цӏияб пункт."}
{"slug": "8896-kh-izam-va-l-imal-tsiuni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8896-kh-izam-va-l-imal-tsiuni", "title": "Хъизам ва лъимал цӏуни", "date": "2020-07-06 09:04:01", "categories": ["obshestvo"], "text": "Аслияб законалда гьарурал хиса-басиязда мухӏкан гьабун буго хъизамалъул гӏадатиял, ай халкъалда рилълъанхъарал къанунал цӏуни – «хъизам, эбеллъигун эменлъи ва лъимерлъи цӏуни; бихьинчиясулги чӏужугӏаданалъулги гьоркьорлъабазул аслияб къагӏидалъун ригьин гьабиялъул институт рикӏкӏин;\nлъималазе хъизамалда тарбия кьеялъеги, гьединго балугълъиялде рахарал лъималаз эбел-инсул тӏалаб гьабиялъеги мустахӏикъал шартӏал гӏуцӏи» (72-абилеб статьяялъул тӏоцебесеб бутӏаялъул жӏ пункт).\nГьелде тӏадеги, кӏвар кьолеб буго: «Россиялъул пачалихъияб политикаялъул цӏакъ кӏудияб кӏваралъул бутӏалъун ккола лъимал. Пачалихъалъ гӏуцӏула лъималазул рухӏиябги, муруватиябги, интеллектуалиябги, тӏабигӏияб къуватги цебетӏезабиялъе ва гьединго гьезулъ патриотизмгун гражданияб бербалагьи ва чӏахӏиязул адаб гьаби куцаялъе санагӏатал шартӏал. Пачалихъалъ, хъизамалда тарбия кьей аслияб букӏинги хӏисабалде босун, жиндаго тӏаде босула къайимлъиялъе чи гьечӏого хутӏарал бесдал лъималазе эбел-инсулаб тарбия кьеялъул борч» (67.1-абилеб статьяялъул ункъабилеб бутӏа)."}
{"slug": "8897-grazhdanazul-res-bugol-i-tsiuni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8897-grazhdanazul-res-bugol-i-tsiuni", "title": "Гражданазул рес буголъи цӏуни", "date": "2020-07-06 09:07:48", "categories": ["obshestvo"], "text": "РФялъул Конституциялде тӏаде жубана 751-абилеб статья.\nГьелда хъван буго: «Россиялъул Федерациялда гӏуцӏула улкаялъул чӏара-хьараб цебетӏеялъеги гражданазул рес буголъи цӏикӏкӏинабиялъеги, гьединго пачалихъалъулги жамгӏияталъулги цоцазде божилъиялъеги рес кьолел шартӏал, цӏунула гражданазул къадру ва захӏматчиясул адаб гьаби, чӏезабула гражданинасул ихтияразулги гьесда тӏалъулел тӏалабазулги ращалъи, социалияб партнерлъи, экономикиябги, политикиябги ва социалиябги рахъаз пикру рекъонккей»."}
{"slug": "8898-tokal-ul-tsiiyal-tadbirchagii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8898-tokal-ul-tsiiyal-tadbirchagii", "title": "Токалъул цӏиял тадбирчагӏи", "date": "2020-07-06 09:57:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб июлалдаса байбихьун, нилъер республикаялда ток бикьулеб идаралъун букӏине буго ПАО «Россети Северный Кавказ» абураб гӏуцӏи.\nГьедин бицана 30 июналда журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда гьеб идараялъул генералияв директор Виталий Ивановас.\nМахӏачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотӏноб бугеб «Жак» абураб бизнес-отелалде ракӏарун рукӏана республикаялъулгун федералиял информагентствабазул ва телеканалазул вакилзаби.\nГьанжелъизегӏан гьеб масъала тӏубазабулел рукӏарал «Дагестанская энергосбытовая компания» ва «Дагестанская сетевая компания» абурал гӏуцӏабиги журазарун, цо идара гьабун буго.\n«Россети Северного Кавказа» «Дагэнерго» гӏуцӏиялъул филиалалде гъорлъе бачун буго.\nЦо росода нахъа кӏиго\nбогогьан рекъоларо\nГӏезегӏан гӏадатго кӏалъалев чи вугоан Виталий Иванов.\nГьоркьо-гьоркьоб махсаро-хочӏги речӏчӏизабун, бицунеб букӏана гьес тӏадехун рехсарал, ток бикьа- къотӏулел гӏуцӏабазул цохӏо идараги гьабун, «Россети» гӏуцӏиялъул филиаллъун гьеб гьабиялъе ккараб гӏиллаялъул.\n«Цоцада гьоркьоб конкуренцияги бугеб кӏудияб кӏиго идара бугони, кида—къадги гьезда гьоркьоб дандеккунгутӏи загьирлъичӏого рес букӏунаро. Гьединал дандеккунгутӏиял загьирлъана «Дагестанская энергосбытовая» ва «Дагестанская сетевая» компаниязда гьоркьорги.\nНужеда лъалеб батила, ток бикьа—къотӏиялда жанир ккарал гӏунгутӏаби сабаблъун гӏемерал бадирчӏваял щун рукӏана гьезие. Хӏатта, гьезул цо—цо жавабиял хӏалтӏухъабазда тӏад уголовниял делаби рагьарал хӏужабиги ккана. Гьезул хал гьаби жеги—харги халат бахъунеб буго. Гьединлъидал хӏукму ккана гӏунгутӏабиги дагьлъизаризе, гӏадамазул гӏарзалги гьоркьор къотӏизаризе, кӏиязулго хъулухъ лъугӏараблъунги лъазабун, гьезул бакӏалда цо саламатаб гӏуцӏи гьабизе. Гьеб ккола нужер республикаялъул хӏукуматалъул даражаялда къотӏараб хӏукму», — ян абуна Виталий Ивановас.\nАмма гьес журналистазе баян гьабуна идарабиги цоцалъ журазарун, цо гӏуцӏи гьабуниги, гьезул хӏалтӏухъаби къварид гьаризе гьечӏилан.\n«Щивниги хӏалтӏудаса нахъе витӏун, ялъуни харжалдаса махӏрум гьавун, гьев рекӏекълъизавизе къотӏараб хӏукму гуро гьеб. Киналго ругелъурго тезе руго. Харжалги цӏикӏкӏинаризе руго. Къваридго нижеда аскӏоса щивниги инев ватиларо», — ян абуна цӏияб идараялъул нухмалъулес.\nХиса-басиязул гьогьен ва анищал\n2019 соналда гьединалго хиса- басияз Чачан Республикаялда кьураб лъикӏаб хӏасилалъул мисалалги рехсана гьес. Мисалалъе, бухӏараб токалъухъ гӏарац бакӏариялъул, ЖКХялъул суалал мухъде рачӏинаризе ва цогидалги масъалаби роцӏцӏинаризе кӏвеялъул.\n«Дида ракӏалде ккола гьединалго лъикӏал хӏасилал нужер республикаялдаги рукӏинин кватӏичӏого, — ян ракӏчӏун абуна гьес журналистазда. — Гьелъие ресал ругищилан гьикъани, руго».\nЦӏияб гӏуцӏиялъул бищун церечӏарал масъалабазул цояб ккола бухӏараб токалъухъ ккараб налъи дагь гьаби. Виталий Ивановас бицухъе, гӏемерал соназ данде бакӏарун, гьеб налъул кӏудияб къадар гӏун буго.\nЖурналистаз кьураб тӏоцебесеб суалги гьел налъулазда хурхараб букӏана. Мисалалъе, 2019 соналъул июналде халкъалъул 90 проценталде гӏагарун чияс токалъухъ гӏарац кьун букӏараблъи бихьизабулеб буго статистикаялъ. Гьединлъидал исана гьеб къадар кигӏан бугебин гьикъана Ивановасда.\nГьес жаваб кьуна гьеб гӏарац исана июнь моцӏалде халкъалъул 62 проценталъ кьун бугилан: «Бичӏчӏулеб буго, пандемиялъул заманалда рокъор чӏезе ккун, киназулго рес рекъон батиларо бухӏараб токалъухъ гӏарац жиндир заманалда кьезе».\nТокалъул бичӏчӏицин гьечӏез\nщулаго ккун бугеб хъулухъ\nГьединго Виталий Ивановас кӏвар буссинабураб хӏужалъун ккана нилъер республикаялда ток бикьа- къотӏулел идарабазул жавабиял хъулухъазда ругел гӏадамазул махщалил даражаялъул суалги.\n«Гӏамм гьабун босани, гьезул 80 проценталъул гьечӏо энергетикаялъул хъулухъалда хӏалтӏулев чиясе хӏажатаб базовияб лъай. Гьезул гӏемерисел руго экономистал ялъуни юристазул махщалие цӏалулел рукӏарал чагӏи. Амма цо лъил бугониги кумекалъулаб кверги чӏван, токазул гӏуцӏиялда жавабияб хъулухъги щун, хӏалтӏулеб ххвел гьабулел руго гьел. Тӏадегӏанаб техникияб университеталъул бицинего бицинарин, гӏадатияб энергетиказул колледж лъугӏарав чиясе щолеб лъайцин гьечӏо гьезул. Гьеб мехалъ суал бачӏунеб буго, сундуе къваригӏун ругел гьел? Бакӏал хинлъизарулелха. Гьединаздаса нижерго идараби рацӏцӏад гьаризеги байбихьизе буго», — ян бицана Ивановас.\nНалъул къадар боргьунеб буго\nЖурналистаз борхана нилъер республикаялъ Северияб Кавказалъул «Россетазе» кьезе кколеб налъул суалги. Гӏаммаб къагӏидаялъ гьеб кколеб буго 42 млрд. гъурущ. Гьезда гьоркьоса анлъго миллиард гъурущ ккола гӏадатиял гӏадамазул налъи, хутӏараб — юридикиял гӏуцӏабазниги магӏишаталъул бутӏабазниги кьезе кколеб къарзалъул гӏарац.\nГьединал гӏарац кьоларел налъулазда хурхун кинал тадбирал нужеца гьаризе ругелин гьикъана дица Виталий Ивановасда. Гӏемерав чиясдаса рагӏизе бегьула щибаб моцӏалъ мискинчияс гӏарац кьолеб букӏаниги, чӏахӏи-чӏахӏиял магӏишаталъул бутӏабаз лъагӏалабаз кьечӏого тараб гӏарац сабаблъун гьезие кколеб ракӏбакъваялъул. Чӏахӏиял налъулал сабаблъун, пакъираб халкъ хутӏула чанги токги гьечӏого.\nГьеб суалаллъе гьадинаб жаваб кьуна «Россеталъул» жавабияс.\n«Гьединал чагӏазда хурхун гьарулел тадбирал цӏар-цӏарккун рехсезе рес гьечӏо дир, — илан бицана Виталий Ивановас. — Дица гьелъие жаваб кьела гӏадатияб куцалда.\nБухӏараб токалъухъ гӏарац кьоларев чиясдехун кинал тӏалабал рукӏунел? Нижеца цин гьесда лъазабула дуда хадуб гьадигӏан налъи бугин, хадубги гьес щибниги гӏамал гьабичӏеб мехалъ, дагьаб кьварун лъазабула гӏарац кьечӏони, ток къотӏизабизе бугилан. Гьеб мехалъги гьес сан гьабичӏони, ток къотӏизабула. Цинги налъулас щиб гьабулеб? Гьес тӏаса бищула кӏиго нух: ялъуни гӏарац кьола, яги гъодинго «гӏандал хва, гӏурус хва» абун чӏола.\nГьес нух балагьула къанунги хвезабун, жиндиего ток бачӏунеб къагӏида батизе. Гьединазда хурхун нижер тадбиралги кьварарал рукӏине руго. Нижеда ракӏалда буго щивав чиясул рукъалда хадуб хал ккун бажарулел аппаратал лъезе. Хӏалбихьиялъул мурадалда гьединаб 18 000 аппарат лъун хӏалбихьун букӏана исана. Компьютералда нахъаги рукӏун нижеда кӏола пуланав налъуласул рокъобе ток свинабизе. Къойида жаниб 50 нухалъ ток къотӏидал, гьес пикру гьабизе буго, рачӏа, дица киса балагьунги 100, 200, ялъуни 500 гъурущги балагьун, дирго налъи тӏаса бихьизабилин абун.\nАмма гьединал тадбирал гьариги нижее расги хираго чӏезе гьечӏо»."}
{"slug": "8899-putinitsa-tsebe-l-urab-mas-ala-tiubana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8899-putinitsa-tsebe-l-urab-mas-ala-tiubana", "title": "Путиница цебе лъураб масъала тӏубана", "date": "2020-07-06 10:02:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана соналъул май моцӏ букӏана цӏакъ захӏматаб, коронавирусалъ Дагъистанго квегъизе байбихьараб, хӏинкъи бугеб заман.\n15 маялда букӏараб телемосталъул бухьеналъул кумекалдалъун, республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун, РФялъул президентасулгун гара-чӏвари гьабуна ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас ва муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи афандияс.\nВладимир Путинида гьез бичӏчӏизабуна Дагъистаналда хӏинкъи бугеб ахӏвал-хӏал букӏин, бицана халкъалда рокъоса къватӏире рахъунгеян, цоцазухъе хьвадугеян лъазабунинги. Россиялъул президентас, гьеб параялъго, улкаялъул оборонаялъул министрасда тӏадкъана Дагъистаналъе хехаб кумек гьабеян. Министр Сергей Шойгуцаги, цебе лъураб масъала, нахъ тӏамичӏого тӏубазабуна.\nГьелъул хӏасилалда Болъихъ ва Буйнакскиялда разе байбихьана рагъулал госпиталал. Гьединго, Дербенталда, Каспийскиялда ва Хасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ разе байбихьана гӏемеррахъазулал сахлъи цӏуниялъул центразе минабиги. Гьеб кинабго хӏалтӏиги, цӏараб болжалалдасаги цебеккун, ай 30 къоялда жаниб лъугӏизабуна.\n26 июналда ралел бакӏазул хӏалтӏухъабазе баркала кьезе Ботаюрталде рачӏун рукӏана ДРялъул бетӏер В. Васильев, РФялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Иванов ва цогидалги.\nГьалбадерида дандчӏвай гьабуна Хасавюрт районалъул бетӏер Жамбулат Салавовас ва райбольницаялъул бетӏерай тохтуралъул ишал тӏуралей, Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур Кавсарат Шугӏайбовалъ.\nГьезда цадахъ гьалбадерица хал гьабуна сахлъи цӏуниялъул централъухъ, щвана щибаб кабинеталде, балагьана гӏолел-гӏоларел рахъазухъ.\nРеспубликаялъул бетӏерас разилъи загьир гьабуна бихьаралдаса ва ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна рагъулал ралел бакӏазул командаялъе.\nГьединабго пикру загьир гьабуна 30 июналда президент В. Путинилгун букӏараб телемосталдасан кӏалъалаго К. Шугӏайбовалъги.\n«Хӏурматияв Владимир Владимирович! Тӏоцебесеб иргаялда, бокьун буго ракӏ—ракӏалъулаб баркала дуе загьир гьабизе. Дур кьучӏаб рагӏиялъ квербакъана цӏараб болжалалдаса моцӏалъ цебеккун, гӏадамал сах гьаризе хӏажатал алаталги жанир лъун, сах гьариялъул центр Хасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ рагьиялъе. Гьелдаго цадахъ, абичӏого гӏоларо, рагьун буго гьанибго 16 унтарасе бакӏ бугеб реанимациялъул отделениеги.\nГӏемеррахъазулаб сах гьариялъул централъул хаслъилъун дица рикӏкӏуна, кибго гьечӏеб гӏадаб ПЦР – лаборатория букӏинги. Гьединаб лабараториялъ рес кьезе буго мухӏканго унтарасул цӏех—рех гьабизе.\nХӏурматияв президент! Цоги нухалда баркала буго дуе, тӏоцебесеб иргаялда дирго, хадуб тӏолабго Хасавюрт райбольницаялъул коллективалъул, Дагъистаналъул халкъазул рахъалдасан.\nХасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ бараб ва хӏалтӏизе биччараб центр хӏадурго буго унтарал къабул гьаризе», — ян бицана К. Шугӏайбовалъ."}
{"slug": "8901-giumruyal-ul-akhirgi-bolnitsayalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8901-giumruyal-ul-akhirgi-bolnitsayalda", "title": "Гӏумруялъул ахирги – больницаялда", "date": "2020-07-06 10:12:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "56 сонил ригьалде яхине ункъо къо хутӏидал, Аллагьасул къадаралде щвана Цӏобокь-Миякьоб росдал больницаялъул бетӏерай тохтур Расият Мухӏамадова (Хасинова).\nНилъер республикаялда коронавирусалъ хвалилаб къвал жемарал тӏоцересел тохтурзабазул цояй ккола гьей.\nАхираб 30 соналда жаниб жиндир эбелалъул цониги къо букӏун батиларин унтаралгун дандчӏвачӏебилан ракӏалде щвезабулеб буго гьелъул вас Мухӏамадица. Гьевги ккола Цӏобокь-Миякьоб росдал участкаялъулаб больницаялъул терапиялъул отделениялъул заведующий.\nЭбел къадаралде щун хадуб гьесда тӏадкъана больницаялъул бетӏерав тохтурасул ишалги.\nЭбелалъул хӏакъалъулъ бицун ва доб заманалда букӏараб ахӏвал-хӏалалъул сурат цебе чӏезабун, Мухӏамадилгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.\nМухӏамад, унтун гӏемер мех банищ эбелалъ?\n— 6 апрелалда цинтӏаго квеш лъугьана гьей (цӏа-кан бахун, гӏетӏ бан, гъаргъар щун). Гьеб букӏана коронавирусалъ унтарал чагӏи Дагъистаналда гьанжего-гьанже тӏатине байбихьараб мех. Амма эбелалде коронавирус бахун батилин абураб пикру ракӏалдего кколеб букӏинчӏо нижеда.\nГьелдаса нахъе тӏокӏалъ хӏалтӏизеги инчӏого, рокъой чӏана. Къватӏие яхъине кӏолеб хӏалги букӏинчӏо гьелъул.\nАмма щиб дару-сабаб гьабуниги, мадар лъугьунеб букӏинчӏо эбелалъе. Цинги гьуърузул сурат бахъизе ячана. Расги лъикӏаб хӏал батичӏо. Гьединлъидал, хехлъи гьабун Гъизилюрт шагьаралъул больницаялде ячана. Ячаниги щиб, тӏадеялдаса тӏаде квеш лъугьана ва анкьидасан хвана …\n— Гьанже хӏалтӏизарулел дараби доб мехалда рукӏинчӏолъийищ яги гьезул кинал сабаблъилелали лъангутӏийищ гьелъие гӏилла ккараб?\n— Долдаса нахъе вирусалдаса сах гьарулел къагӏидаби хисана. Амма гьадаб мехалда лъалел рукӏанщинал дарабазул киналго гьарунин абизе бегьула гьелъие. Гьелда цадахъго Гъизилюрталъул тохтурзабазги хӏалбихьана лъалареб жо гьикъизе Москваялде щвезегӏан кӏалъазеги, малъа-хъваязда хадув Махӏачхъалаялде дунгоги щвана лъай камилал тохтурзабахъе. Аллагьасул къадар гьединаб букӏун бугоха…\nГьанже гурони гьанже мадар лъугьинин эбелалъеян абураб хьул киданиги къотӏулароан. Дун тӏаде щванщинахъе гьелъги абулаан мадар лъугьунеб бугилан.\nГьелъ дун гӏодове виччазавулев вукӏаниги, тохтур хӏисабалда, дида бичӏчӏана гьей йорчӏизехъин гьечӏеблъи. Рокъове аниги минут- минуталдасан рахӏатхун лъугьунаан, гьанже гуреб гьанже лъалинха рокьукъаб хабарилан вукӏунаан.\nСардилъ зама-заманалдасан ворчӏун, хъата-масан телефоналъухъ балагьизе лъугьунаан, ахӏарав-тарав чи вугищали.\nНахъисеб къоялъ щвана больницаялде. Цӏакъго рагӏалде якӏарун ятана эбел.\nГьабизе жоги лъаларого, хадув цӏидасан рокъове тӏад вуссана.\nЧанго сордо-къоялъги макьу тун букӏиндал, цо сагӏаталъниги бер данде бачинилан ккун букӏана. Битӏун цо сагӏаталдасан ворчӏана – эбелги гьададин больницаялда тун, кьижизе кин дуда кӏолебилан дунго дидего вагъизеги лъугьана. Байбихьана дидаго лъикӏилан кканщинал тохтурзабахъе кӏалъазе. Киназго цого жо бицунеб букӏана.\nАмма эбелалъе дару гьабулел рукӏарал тохтурзабаздехун дир кинабгӏаги тӏадкӏалъай гьечӏо. Жидехъа бажарарабщинаб гьабуна гьез.\nДоб букӏана кутакалда захӏматаб, кисан кумек щвелебали лъиданиги лъалареб заман. Тӏадежоялъе, больницаялъул хӏалтӏухъаби жалгоги рукӏана унтун. Гьединлъидал, дидацин рукӏана дол гьенив хӏалтӏизе чӏаян. Амма, эбелги унтун, дида чӏун букӏараб хӏалги бихьун, кӏудияб тӏадчӏей гьабизеги кӏолеб букӏинчӏо гьезда.\nМахӏачхъалаялде ячинеги бажаричӏо гьей, нухда квеш лъугьинилан хӏинкъун.\n— Кисандай эбелалде гьеб унти бахараб? Ахираб заманалда Дагъистан тун къватӏие ун йикӏанищ гьей?\n— Хӏалтӏудасан бахун батизе ккола. Амма гьеб мехалда нижер больницаялда официалияб куцалда тасдикъ гьабураб коронавирус букӏинчӏо лъилниги. Щибха лъалеб? Дагьал чагӏийищ рачӏунел тохтурзабахъе? Гьезда гьоркьор рукӏун ратизе рес буго унтарал. Байбихьуда гьел тесталги анализалги лъицаниги кьолелги рукӏинчӏо. Гьединго гьеб букӏана дагъистаниял Москваялдасаги улкаялъул цогидал регионаздасаги нахъ руссун рачӏине лъугьараб мехги. Гьединазги босун бачӏун букӏине рес буго гьеб унти нижер мухъалдеги.\nЖий бетӏерай тохтур йигиланги абун, кабинеталда чӏолеб гӏадат букӏинчӏо эбелалъул. Тӏоцересел къоязго абуна эбелалъ гьаб жо ахирги коронавирусгицин гуродайилан. Гьа, гьебгӏаги гьанибе щвезегӏан кин бачӏунеб жойилан гӏагардего къазе биччалеб букӏинчӏо нижецаги.\n— Гьелдаса хадур тӏатанищ нужер больницаялда «коронаялъ» унтарал?\n— Маялъул байбихьуда гьеб тӏубанго хисизабуна – гӏицӏго ковидги пневмонияги бугел чагӏи гурони сах гьарулареб куцалда. Гьале анкьалъ цебе бахъана гьеб низам. Ниж гьанже гӏадатияб хӏалтӏуде руссун руго. «Коронаялъ» унтарал чагӏиги гьечӏо.\nБетӏерай тохтурлъун тӏамизегӏан участкаялъулаб терапевтлъи гьабуна эбелалъ (хӏалтӏизе байбихьана 1990 соналъул августалда). Гьеле гьеб лъеберго соналда жаниб цониги къо букӏун батиларо, рокъореги рачӏун, нижер эбел унтаразухъе ячун инчӏеб. Радакь гьелда хадур рачӏараб мехги букӏунаан.\n— Гьединаб рахӏатхвараб хӏалтӏи эбелалъул букӏинги бихьулаго, дуцаги гьебго махщел тӏаса бищиялда гӏажаиблъизе бачӏунеб буго.\n— Бищичӏого щиб гьабилеб, тохтурзабазул тухум бугелъул нижер. Эбелалъул эбел – Гӏайшат — кӏикъогогӏан соналъ терапевтлъун хӏалтӏана. Кӏудияв эмен Раип кколаан цаби- гӏусазул тохтур. Дагъмединституталъул стоматологиялъул факультет гӏуцӏун тӏоцере къватӏире риччалел студентазул цояв вуго гьев. Эбелалъул рахъалдасан дир яцгӏалзабиги тохтурзаби руго.\n— Нагагь эбелалъул бакӏалда бетӏерав тохтурлъун тасдикъ гьавуни, гъолъ гӏадин хӏалтӏи нухда бачине захӏмалъизе бугищ дуе?\n— Букӏине кколеб куцалда гьабулеб бугони, бокьараб хӏалтӏи захӏмалъула. Амма гъолъ гӏадин гьеб нухда бачине лъиданиги кӏоларо. Щайгурелъул, сундаго хадуб букӏунаан гьелъул тӏалабги берги. Щибго цӏар-реццги къваригӏунароан. Жий цее яхъине гьаюгейила, цохӏо гьале гьаб больницаялъул хӏалтӏи гьабулей тейилан йикӏунаан гьей."}
{"slug": "8900-rfyal-ul-mag-aloyal-ul-k-anunalda-khisa-basiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8900-rfyal-ul-mag-aloyal-ul-k-anunalda-khisa-basiyal", "title": "РФялъул Магъалоялъул къануналда хиса-басиял", "date": "2020-07-06 10:13:21", "categories": ["obshestvo"], "text": "2020 соналъул микьабилеб июналда къабул гьабураб № 172 федералияб законалда рекъон, хиса-басиял гьаруна Россиялъул Федерациялъул Магъалоялъул къануналъул кӏиабилеб бутӏаялда.\nЗаконалда, масала, чӏезабун буго:\n— коронавирусалъукьа цӏуниялъеги, гьеб тӏибитӏунгутӏиялъеги, гьединго гьеб унти чӏезабиялъегун гьелдаса сахгьариялъе хӏалтӏизарулел алатал пуланав чияс яги идараялъ чӏобого кьолел ругони, гьел росулаго, эркен гьарула тӏаде лъураб багьаялдаса магъало бахъиялдаса (НДСалдаса), гьелдаго цадахъ цебеккун магъало хӏисабалда тӏаса бахъизе бихьизабун букӏараб гӏарцул къадар магъалоялъул гӏадлу гьабулеб идараялде тӏадбуссинабизеги ккеларо;\n— цебехун рехсарал ва чӏобого хӏалтӏизаризе кьурал алатал ричун росулаго кьураб мухь харж гьабураблъун рикӏкӏине рес щвей;\n— хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамазе хӏалтӏул бакӏал гьариялъул мурадалда босун букӏараб кредитги хӏалтӏизабун щвараб хайралдаса бахъулеб букӏараб магъалоялдаса ва гьеб бецӏун бажарунгутӏиялда бан гьелде тӏаде лъурал процентаздасаги эркенлъи;\n— COVID-19 тӏибитӏараб заманалда, хӏалкъарал шартӏалгун захӏматалъул хӏалуцин букӏаго хӏалтӏарал гӏадамазе кьураб харжалъул гъирабазабиялъул бутӏаялдаса ва гьединго 2019 соналда махщеллъиялъул хайралдаса бахъараб магъалодул роценалде рекъонкколеб магъало субсидия (грант) хӏисабалда щвараб хайралдаса бахъунгутӏизе, ай гьелдаса эркен гьари;\n— ОПСалде (пенсиялъул чарагьечӏеб страхование) 2020 соналда кьурал страхованиялъул взносал дагьлъизаризе, ай 20 318 гъурщиде ккезаризе, гьединго 2020 соналъул апрель-июналда гӏадамазухъа рахъизе рихьизарун рукӏарал страховиял взносазул тарифазул процент тӏаса бахъизе, ай ноль проценталде бачине;\n— цебеккун рехсараб заманалда зарал ккарал экономикиял предприятиязухъа цо-цо тайпаялъул магъалоги (масала, пуланаб хӏалтӏи гьабиялъухъ гьеб гьабилалдего кьураб мухьалъухъ) страхованиялъул взносалги рахъунгутӏизе.\nМагъалоялъул къануналда гьарурал хиса-басиял къуваталлъун, ай хӏалтӏулеллъун рикӏкӏине руго 2020 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Амма кӏиабилеб статьяялда рехсараб низам хӏалтӏизе буго 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе."}
{"slug": "8902-bayan-koleb-bugo-makhiachkh-alayal-ul-prokuraturayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8902-bayan-koleb-bugo-makhiachkh-alayal-ul-prokuraturayal", "title": "Баян кьолеб буго Махӏачхъалаялъул прокуратураялъ", "date": "2020-07-06 10:16:13", "categories": ["obshestvo"], "text": "2017 соналдаса нахъе Россиялда тӏибитӏана къайимлъиялде ккарал гӏадамал жидехъего рачун, заманалда хьихьи яги гьединазда цадахъ гӏумру гьаби.\nЦадахъаб гӏумру гьабизелъун рачуна гӏагарлъиялъ (масала, лъималаз) херазул пансионаталде щвезарурал ва психикияб унти загьирлъизе байбихьарал, яги захӏматго унтарал херал, сакъатал, ригь арал гӏадамал, бесдал ва къайимлъиялъе чи гьечӏого хутӏарал лъимал.\n2020 соналъул 30 маялда Россиялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб № 797 хӏукмуялдалъун тасдикъ гьабуна цадахъаб яги заманалда гӏумру гьабиялъул мурадалда къайимлъиялъе чи гьечӏого хутӏарал хералгун бесдал лъимал хьихьизе рачарал гӏадамазе кьолеб гӏарцул къадарги гьеб социалияб мухь кьеялъул низамги. 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса 30-абилеб июналде щвезегӏан щибаб моцӏалъ гьединал къайимчагӏазе кьезе буго 12 130 гъурущ. Чӏезарун руго гьеб щолел гӏадамазул тайпабиги:\nсоциалиял хъулухъал гьарулел стационараздасаги социалиял хъулухъал гьарулел, амма стационараллъун кколарел идарабазда гӏуцӏарал стационариял отделенияздасаги, бесдал лъималазул интернатаздасагун лъималазул рокъоса сакъаталги, хералги, бесдал лъималги ва къайимчи гьечӏого хутӏарал лъималги цадахъ гӏумру гьабизе яги заманалда хьихьизе рачарал пачалихъиялги пачалихъиял гурелги идарабазул хӏалтӏухъабазе; социалиял хъулухъазул идарабаздаса заманалда хьихьизелъун (гьелдаго гьоркьор – заманалда къайимлъи гьабиялъул мурадалда) сакъаталги, хералги, бесдал лъималги ва къайимчи гьечӏого хутӏарал лъималги волонтеразе ва Россиялъул Федерациялъул цогидал гражданазеги.\nГьеб гӏарац щвеялъул мурадалда 2020 соналъул тӏоцебесеб октябралде щвезегӏан хитӏаб гьабизе ккола РФялъул Пенсиялъул фондалъул территориалияб отделениялде яги МФЦялде. Хитӏабалда цадахъ рукӏине ккола паспорталъул копия ва вакиласул ихтиярал баян гьарулеб документ (гьединаб батани). Гьеб хитӏабалъул халгьабизе ккола щуго къоялъул болжалалда. Гӏарац кьезе кколин абураб хӏукму гьабун хадуб, лъабго хӏалтӏул къоялда жаниб хитӏабалда бихьизабураб счеталде рехизе ккола гӏарац. Социалияб выплата кьезе инкар гьабуни, Пенсиялъул фондалъ гьелъул хӏакъалъулъ лъазабизе ккола цо къоялда жаниб, хӏукму гьабун хадусеб къоялъго. Гьенибго бихьизабизе ккола инкар гьабиялъе гӏиллаги.\nРФялъул хӏукуматалъул рехсараб хӏукму къуватаблъун рикӏкӏуна 2020 соналъул ичӏабилеб июналдаса нахъе."}
{"slug": "8904-dir-dag-istan-dir-nukhal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8904-dir-dag-istan-dir-nukhal", "title": "Дир Дагъистан — дир нухал", "date": "2020-07-06 10:51:21", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Цӏумада районалъул администрациялъ гьабун букӏараб къотӏи- къаялда рекъон, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъ байбихьана районалъул росабалъе нухал къачӏазе. Гьел къачӏаялъе биччан букӏана 5 миллионгун 464 азарго гъурущ.\n«Дир Дагъистан – дир нухал» абураб республикаялъулаб программаялда рекъон, гьал къоязда районалъул Хуштада росулъе бачӏунеб нух къачӏан лъугӏана.\nГьеб нух рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас, гьесул заместитель Мухӏамад Гӏисаевас, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъул вакил Мухӏамадкамил Хӏусеновас ва Хуштада росдал бегавул Асадула Исмагӏиловас.\nГьениб районалъул бетӏерас росдал жамагӏаталда баркана цӏияб нух рагьи ва баркала загьир гьабуна ОООялъул хӏалтӏухъабазеги нух къачӏаялда гӏахьаллъи гьабунщиназеги.\nХадуб А. Вечедовас бицана гьал къоязда байбихьизе бугин Тӏинди ва Кӏочали росабалъе нухалъ къачӏазегиян.\nРосдал бегавул А. Исмагӏиловасги баркала кьуна районалъул нухмалъулезе ва ОООялъул хӏалтӏухъабазе.\nХуштадерил жамагӏаталъул рахъалдасан кӏалъазе вахъарав Мухӏамадсагӏид Мусаловасги загьир гьабуна жидерго разилъи."}
{"slug": "8905-sualal-zhavabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8905-sualal-zhavabal", "title": "СУАЛАЛ-ЖАВАБАЛ", "date": "2020-07-06 11:05:00", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул Пенсиязул фондалъул консультант Асият Ахӏмадовалъ:\n«2020 соналда хӏалтӏулел пенсионеразул пенсиялъе индексирование гьабизе бугилан бицана, цинги гьабизе гьечӏин абунги, ниж пашманги гьаруна. Бокьилаан гьелъул хӏакъикъат лъазе».\n— 2020 соналда хӏалтӏулел пенсионеразе пенсия рикӏкӏине буго цӏияб законалда рекъон. Гьелъул магӏна ккола гьезул страховияб пенсия цӏикӏкӏине гьечӏин абураб. Пенсионер хӏалтӏудаса гӏодов чӏани, хадусеб моцӏалдаса байбихьун, гьесул пенсиялъе индексирование гьабула. Гьелъул хӏасилалда, пенсия цӏикӏкӏуна гьев пенсиялде араб моцӏалдаса байбихьун киналго соназ тӏаде журарал процентазул хӏисабги гьабун. Гьединаб хӏисаб гьаби хехго гьабулеб хӏалтӏиги кколаро, гӏага- шагарго лъабго моцӏ уна.\n«Хӏалтӏулел пенсионеразе пенсия къотӏизабизе бегьулин абулеб жоялъул магӏна щиб?»\n— Жакъа улкаялда вуго анкьго миллионалдаса цӏикӏкӏун хӏалтӏулев пенсионер. РФялъул Хӏукуматалъ хӏадур гьабулеб буго хӏалтӏулел пенсионеразе кьолеб пенсия гьоркьоб къотӏизабизе рес кьолеб законалъул проект. Амма гьеб киналго хӏалтӏулел пенсионеразда гуро хъинтӏулеб. Цӏияб къагӏидаялда рекъон, пенсия кьезе гьечӏо календарияб лъагӏалида жаниб 1,2 млн гъурущ харж щолел чагӏазе.\n«Пенсиялъул хӏисаб гьабулаго, хӏалтӏул стажалъул кинаб кӏвар букӏунеб?»\n— Гӏемерал соназ хӏалтӏарав чияс Пенсиязул фондалде налогалги цӏикӏкӏун кьола. Гьединлъидал, цӏикӏкӏуна гьесул пенсиялъул баллазул къадар ва гьезда рекъон — пенсиялъул роценги.\nЦӏикӏкӏараб стаж бугони, тӏаде журала баллал.\n40 соналъул стаж бугей чӏужугӏаданалъе ва 45 сон стаж бугев бихьинчиясе тӏаде кьола щуго пенсиялъулаб балл.\n30 сон стаж бугей чӏужугӏаданалъе ва 35 сон стаж бугев бихьинчиясе — цо балл.\n2020 соналда цо пенсиялъулаб баллалъул багьа ккола 93 гъурущ. Мисалалъе, исана пенсия чӏезабулеб бугони, вукӏинесев пенсионерасе тӏадеги щола щуго балл ва гьесул пенсиялде тӏаде бачӏуна 465 гъурущ.\n«Пенсиялъул реформаялда рекъон, пенсиялде унел сонал цӏикӏкӏинарун ругониги, цо-цо чагӏазул, заман щвелалдего пенсиялде ине ихтияр букӏунин абулеб хабар битӏараб бугищ?»\n— Цӏикӏкӏун стаж бугел чагӏазул ихтияр букӏуна заман щвелалдего пенсиялде ине. Кӏиго соналъ цере пенсиялде ине ихтияр букӏуна 42 сонил хӏалтӏул стаж бугел бихьиназул ва 37 сонил хӏалтӏул стаж бугел руччабазул.\nПенсиялъул реформа унеб буго бутӏа-бутӏаккун, гьединлъидал, 2020 соналда кӏиго соналъ цебе пенсиялде ине лъиениги ихтияр кьоларо.\n2020 соналда 60 сон барав бихьинчиясул ва 55 сон барай чӏужугӏаданалъул ихтияр буго анлъго моцӏалъ цере пенсиялде ине.\n«Хӏукуматалъ лъимал-инвалидазе гӏемерал пособиял ва бигьалъаби рихьизарун ругин абулеб буго. Амма Пенсиязул фондалда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жо гьечӏо. Гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканлъи лъазе бокьилаан».\n— 18 сон бачӏеб лъимадуе «инвалид» абураб статус чӏезабула экспертизаялъул медикиябгун социалияб комиссиялъ. Гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканаб баян лъаялъе хитӏаб гьабизе ккола гӏумру гьабун ругеб бакӏалъул социалияб рахъалъ цӏуниялъул отделалде.\nФедералияб даражаялда лъимер- инвалидалъе кьола: социалияб пенсия, щибаб моцӏалъ кьолеб гӏарцулаб выплата (ЕДВ) ва социалиял хъулухъазул набор (чӏорого дараби ва санаториялда хӏухьбахъи гьабизе рес).\n2020 соналда щибаб моцӏалъ кьолеб гьелъул багьа ккола 1155 гъурущ. Гьеб гӏарац бикьула хадусел бутӏабазде: чӏорого кьолел дараби (889 гъурущ), чӏобого кьолеб путевка (138 гъурущ) ва транспорталда чӏорого санаториялде ине (127 гъурущ). Гӏарацги босун, гьел хъулухъаздаса инкар гьабизеги бегьула.\nЛъимал-инвалидазе букӏуна 13454,64 гъурущ социалияб пенсия ва социалиял хъулухъаздаса инкар гьабуни, щибаб моцӏалъ кьола 2783 гъурущ.\nЛъимал-инвалидазе чӏорого кьола: гӏунсби, инвалидазул коляскаби, гӏинда бакӏазе аппаратал ва дараби.\nЛъимал-инвалидал эркен гьарула 50 кв. метралде щвезегӏан гӏатӏилъиялъул цо мина-рукъалъул налогалдаса. Гьезул ихтияр буго жамгӏияб транспорталда чӏорого рекӏине. Гьединго лъимал-инвалидазул ихтияр буго конкурс гьечӏого вузазде яги техникумазде цӏализе лъугьине.\nБигьалъаби тӏалаб гьариялъе хӏажалъулел документал: гьавиялъул хӏакъалъулъ свидетельство, эбел- инсул паспортал, МСЭялъул хӏукму, лъимадул ва улбузул СНИЛСал.\nХадусел суалазе жавабал кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас\n«Гӏураб стаж бугони, «Захӏматалъул ветеранасе» жеги тӏадеги бигьалъаби рукӏунин абулеб жо битӏараб бугищ?»\n— 1995 соналъул 12 январалда къабул гьабураб РФялъул №5 Федералияб законалъул анкьабилеб статьяялда рекъон, гӏураб хӏалтӏул стаж бугел «Захӏматалъул ветераназе» бигьалъаби рукӏуна.\n«Захӏматалъул ветераназе» рихьизарун руго хадусел бигьалъаби:\nЩибаб моцӏалъ кьолеб гӏарац. Гьелъул къадар щибаб регионалда батӏи-батӏияб букӏуна.\nЖамгӏияб транспорталда чӏорого рекӏине ихтияр.\nЖКХялъухъ кьолеб гӏарцул 50 проценталъул бигьалъи.\nЦаби-гӏусал къачӏаялъе ва лъеялъе гьабулеб бигьалъи.\n«Коронавирусалъул «баракаталъ» РФялъул хӏукуматалъ лъималазе кӏиабилеб нухалъги анцӏазарго гъурущ кьолеб буго. Гьеб кьеялъул низам кинаб букӏине бугеб?»\n— 23 июналда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб хӏукмуялда бихьизабун буго 16 сон тӏубачӏел лъимал ругел киналго хъизамазе цо нухалда анцӏазарго гъурущ кьезе.\nИюналда лъималазе гьединаб гӏарцулаб кумек щварал хъизамаз, цӏияб компенсация босиялъе, Пенсиязул фондалде киналгӏаги документал кьезе кколаро. Кинаб бугониги гӏиллаялдалъун, июналда яги июлалда лъималазе гӏарац щвечӏел чагӏаз, гьеб тӏалаб гьабун, хитӏаб гьабизе бегьула 2020 соналъул тӏоцебесеб октябралде щвезегӏан.\nРоссиялъул хӏукуматалъ гьеб мурадалда регионазде битӏизе буго 270 миллиард гъурущ.\n«Июлалдаса нахъе жалго бетӏергьанал машинаби ругезе цӏиял низамал рукӏине ругин абулеб буго. Гьезул хӏакъалъулъ мухӏканлъи лъазе бокьилаан».\n— Кьваризабулеб буго кваранаб рахъалда руль бугел машинаби хӏалтӏизариялъул рахъалъ низам.\nГьеб гуребги, наркотикал яги мехтизарулел жал гьекъолел чагӏазул медицинаялъулаб хал гьаби кьваризабулеб буго, ай гьез тӏадеги анализал кьезе ккезе руго.\nХасаб лабораториялда балагьизе буго машинабазул конструкциялда хиса-баси гьабун бугищалиги."}
{"slug": "8906-kh-akhiab-khalgiatal-ul-daimab-k-isa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8906-kh-akhiab-khalgiatal-ul-daimab-k-isa", "title": "Хъахӏаб халгӏаталъул даимаб къиса", "date": "2020-07-06 11:15:54", "categories": ["med"], "text": "Хӏурматиял магӏарулал! Нижеца байбихьулеб буго коронавирусалде данде къеркьолаго, унтарал сах гьарулелъул гьабураб бахӏарчияб хӏалтӏухъ Россиялъул президентасул ва Дагъистаналъул бетӏерасул батӏи-батӏиял шапакъатал щварал тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьединазул цояв ккола Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав тохтур, Махӏачхъалаялъул №1 лъималазул больницаялъул бетӏерав тохтур, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур Супиян Абакаров. Гьев мустахӏикълъана Дагъистаналъул бетӏерасул Хӏурматалъул грамотаялъе.\nРеспубликаялъе захӏматаб заманалда Супиянги вукӏана гӏагараб халкъгун. Балъгояв тушман кинигин, нахъасан речӏчӏун бачӏараб унтиялъ рихха-хочизарурал гӏадамазе дару-дарманлъун рукӏана гьесул хӏеренал рагӏаби. Супиянида бичӏчӏулеб букӏана жинцаго баччизе кколеб гьир цӏакъго бакӏаб букӏинги. Хъахӏаб халгӏаталъул даимаб къисаялъе киданиги хилиплъичӏев тохтурасда шапакъат баркизе дун щвана гьес нухмалъи гьабулеб больницаялде.\nГӏумру хвелгун\nкъеркьолел лахӏзатаз\nДица цеве чӏезавулев вукӏана цӏакъго къвакӏараб ва кьварараб гӏамал-хасияталъул согӏав магӏарулав. Амма кабинеталъубе нуцӏа рагьарабго, дандего бачӏана гьесул гьими. Гьелъулъгицин бихьулеб букӏана гьесул жавабчилъи. Ватила гьев хӏалтӏуда согӏавги кьвараравги, гурони хӏалтӏул хӏасил букӏунареблъидалха.\nЛъай-хъвайги гьабуна, шапакъатги баркана. Тӏоцебесеб дица гьесие кьураб суал букӏана коронавирусалъул хӏакъалъулъ.\n— Ахӏичӏого бачӏараб гьеб «гьоболалъ» сорозабуна гӏалам. Лъиданиги лъалеб букӏинчӏо кин гьелда дандчӏвай гьабизе кколебали. Амма лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏана тушманасда тӏад бергьенлъи босизе бигьаго букӏине гьечӏеблъи. Коронавирусалъ гьужум гьабулел тӏоцересел къоязго, больницаялъ къабул гьаризе байбихьана гьеб унтуца яги гьелъул хӏасилалда цогидал унтаби «рорчӏизарурал» лъимал. Ургъизе заман букӏинчӏо. Хӏалтӏулел рукӏана ункъо сменаялда цӏакъго мукъсанал шартӏазда. Гьедин букӏана киса-кибего. Цинги дагь-дагьккун ратана шартӏалги, хьезаруна тохтурзабазе хасаб парталалдалъунги дарабаздалъунги. Ракӏ унтулеб букӏана тохтурзабазул жидеде кӏудияб божилъигун ва хьулгун, гӏумруялде гӏащикъаб рокьигун больницаялде рачӏунел лъимал рихьидал. Рикӏкӏада районаздаса гьел рачӏунаан вертолетазда. Захӏмат букӏанищан гьикъани, гьелъул пикру гьабизе регӏарав чиго вукӏинчӏо гьел моцӏаз. Гьезда лъалаан ва бичӏчӏулаан зигардизе заман жидер гьечӏеблъи. Ва хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьаялда цере жал даим ритӏухъаллъун хутӏизе кколеблъи.\nМакьу тун, свак тун, къеркьана Супиянги гьесул тохтурзабиги вахӏшияб унтиялде данде. Гьез хвасар гьабуна анцӏ-анцӏ лъимер. Гьединаб буго хъахӏаб халгӏат ретӏарал жакъасеб къоялъул бахӏарзазул къиса. Гьеб къисаялъе хилиплъичӏел багьадурзабазул кумекалдалъун нахъе къазабун бажарана вахӏшияб, аза- азар гӏадамазул гӏумру бецун лъураб, гӏисинал-чӏахӏиязда гурхӏел гьабизе лъалареб унти. Гьел къояз хъахӏаб кьералъул букӏана кӏиго тӏагӏам. Цояб – гӏумруялъул гьуинаб тӏагӏам. Гьелъие къуват кьолеб букӏана хъахӏал халгӏатал ретӏарал тохтурзабаз. Цояб – тохтурзабаз горбода жемун букӏараб мусруялъул тӏагӏам. Гьеб тӏагӏам букӏана цӏакъго кьогӏаб, гӏадамаз тӏолеб букӏараб магӏуялъ чурараб ва цӏамхӏалаб. Гӏумруги хвелги цоцазул бадире ралагьарал гьел лахӏзатаз Супиян Абакаровасда ва гьесул тохтурзабазда кӏвана хъахӏаб кьералъул тӏоцебесеб тӏагӏамалъе къуват кьезе. Больницаялъул киналго хӏалтӏухъаби мустахӏикъал руго бищунго берцинал ва тӏадегӏанал рагӏабазе.\nТохтурлъун вахъине бокьун букӏараб анищалъул асирлъуда\nЖеги школалда цӏалулев вугев Супиян эменгун цадахъ щола Махӏачхъалаялде, больницаялда вегун вугев унтарав гӏагарав чиясде ваккизе. Гьенир рихьарал хъахӏал халгӏатал ретӏарал тохтурзабаз пана гьабуна гӏолиласул ракӏ. Ва гьеб бакӏалдаго гьесул къасдалъ щулияб бакӏ ккуна тохтурлъун вахъине бугеб анищалъ. Гьесул ракӏчӏана юристасул махщалидасаги жиндие хъахӏаб халгӏаталъ асар гьабиялда.\n1972сон. Гӏагараб Чӏарада районалда гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, жиндирго анищалда хадув Супиян щола Махӏачхъалаялде. Ва цӏализе лъугьуна мединституталде. Гьебги лъугӏизабун, гьев хӏалтӏана республикаялъул лъималазул больницаялда. 1979-1980 соназ хӏалтӏана Байконуралда рагъулав тохтурлъун. Гьесие киса-кибего къуватги кьолеб букӏана, асарги гьабулеб букӏана доб кидаялиго рекӏелъ рещтӏараб тохтурлъун вахъине букӏараб анищалъ.\nГьединго Супиян хӏалтӏана республикаялъул гӏемер рахъазулаб лъималазул больницаялда диагностикияб отделениялъул нухмалъулевлъун. Республикаялда тӏоцебе гьес лъуна лъимералъе СПИДалъул диагноз.\nСупиян Абакаровас нухмалъи гьабуна Махӏачхъалаялъул лъималазул больницаялъе. Гьеб букӏана араб гӏасруялъул 90-абилеб сон. 1991-1999 соназ хӏалтӏана республикаялъул гӏемер рахъазулаб лъималазул больницаялъул бетӏерав тохтурлъун. 1997-2007 соналги гьес сайгъат гьаруна лъималазул сахлъиялъе. Гьел соназ гьев хӏалтӏулев вукӏана Махӏачхъалаялда букӏараб лъималазул рукъалъул нухмалъулевлъун, хадув республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительлъун.\n2007-2012 соназ гьес нухмалъи гьабуна республикаялъул клиникияб больницаялъе. (Нилъеца жакъаги гьелда Централияб больницайилан абула).\nГьенив хӏалтӏулеб мехалда ккараб цо лъугьа-бахъинги ракӏалде щвезабуна Супияница.\n— Дол рукӏана хӏабургъарал 90-абилел сонал. Сардилъ рагӏана кьвагьа-гӏанхъиялъул гьаракь. Дида бичӏчӏана чӏвай-хъвей ккараблъи ва хӏалтӏуде тӏад вуссине хӏадурлъана. Дун хӏалтӏуде щвейги гьенире лъукъарал рачун рачӏинги цадахъ гӏадин ккана. Доб сурат гьанжеги дида цебеса унаро – бох- гъеж камурал, цо-цо лъукъаразул гьел далдалахъего хутӏун рукӏана. Гьеб ракӏалде щведал, гьанжеги рекӏел кӏутӏи хӏалуцуна дир.\nГьеле гьединабго асар гьабуна дие гьал моцӏаз больницаялда бихьа-таралъги, — ян бицана Супияница.\nУнтарал лъималазухъе гьев щвечӏеб район ва шагьар цониги батиларо Дагъистаналда. Гьединаб буго лъеберго соналъ медицинаялъул батӏи-батӏиял идарабазда бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏарав Супиян Абакаровасул хъахӏаб халгӏаталъул гвангъараб къиса."}
{"slug": "8907-giolilaze-nukh-k-al-izabulel-chirakh-al", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8907-giolilaze-nukh-k-al-izabulel-chirakh-al", "title": "Гӏолилазе нух къалъизабулел чирахъал", "date": "2020-07-06 11:24:50", "categories": ["kultur"], "text": "Инсанасул адаб гьаби «модаялдаса» ун буго ахираб заманалда. Адаб гьабилъун рикӏкӏунеб буго ресалда вугев гӏагарав чиясеги, мадугьаласеги, гьоболасеги, хӏата хӏакимчиясецин хӏели. Умумуздасан нилъее ирслъун хутӏараб адаб-хӏурмат гьабиялъул гӏадаталги кӏочон тун, халкъалъул мулкалда хъат барал, жидерго чвантил гурони ургъел гьабуларел, циндаго бечелъарал гӏадамазул къадру борхизабизе хӏаракат бахъулел рукӏуна гьезда сверухъ ракӏарарал хӏелхӏелчагӏи, гьезие лагълъи гьабизе хӏадурал цо-цо гӏадамал. Бечелъигун рес ва къуват кьочӏоеги ккун гьабураб гьединаб гьоркьоблъиялъ хисун буго унго-унгояб адаб гьаби.\nКин гӏолилазда малъилеб унго-унгояб адаб щиб кколебали? Кин гьезда бичӏчӏизабилеб, кинав чи мустахӏикълъулев адаб- хӏурматалъеяли? Гьединаб тарбия кьеялъе аслу, ай пайдаял малъа- хъваязул мугьал, ратула щибаб халкъалъул педагогиял къагӏидабазулъ. Рехселин гьелда бан цо-цо пикраби.\nГӏолеб гӏелалъе тарбия кьолел педагогазги лъималазул эбел-инсуцаги, гьезие насихӏат гьабулаго, гӏемер хӏалтӏизарула «пуланав чиясул адаб гьабе», «гьесул рагӏухъ гӏинтӏаме», «цӏодорго рукӏа» абурал калимаби. Гьебго заманалда бицунаро, сундухъ гьесул адаб гьабизе кколебали, адаб гьабиялъул жамгӏияталъе кинаб кӏвар бугебали. Малъуларо лъималазда адабгун абизе кколел рагӏабиги гьелъул къагӏидабиги. Гьелъул хӏасил ккола чӏахӏиязда аскӏор гӏисиназ хъалиян бухӏиги, херазулгун гӏаммаб мацӏ батунгутӏиги, жиндаса кӏудияв чияс гьабураб бадибчӏваялъул магӏна бичӏчӏунгутӏиги. Гӏасрабаз умумуз гӏуцӏараб хьвада-чӏвадиялъул низам лъаларел гӏолилазе бокьулеб гьечӏо жидер рахъалъ абураб рагӏиги гьабураб бадибчӏвайги – гьел хъачӏго кӏалъала данде.\nИнсанасул адаб гьабиялъул аслу ккола рухӏиябги, моралиябги, захӏматалъулабги ва цогидабги хӏаракаталъе сверухъ ругез къимат кьей. Жиндирго адаб гьабуларев чиясда лъаларо дандиясул адаб щиб жояли. «Жиндирго адаб гьабуларес инсулги хӏурмат гьабуларо», «Жиндирго хасият лъаларесда цогидазул гӏамалги бичӏчӏуларо», — гьедин бицунеб буго халкъиял кицабазда.\nБуго гьадинаб биценги. Цо росулъа пуланав чиясухъе вачӏун вуго лъабго гӏолохъанчи, жал гӏухьбилъун хӏалтӏизе росеянги гьарун. Дов чияс абун буго, хьитазда жанибе салиги бан, тӏубараб къоялъ гӏи хьихьун бажарани, росизе рази вугин абун. Разилъун руго гӏолохъабиги. Къалъилалде лъабазулго хӏатӏал бидул цӏун руго. Кӏигояс, гӏиял бетӏергьанчиясдеги хьандолаго, хьитазда жаниса салиги нахъе бан, хӏатӏалги чурун, тӏасан катанги къан, хьихьун буго гӏи. Лъабабилес, хважаинас малъухъе, тӏолабго къоялъ гӏазаб чӏамун буго.\nБакъанида рокъоре тӏад руссиндал, кӏиясго ккара-тараб бицун буго хважаинасда, лъабабилес рихьизарун руго бида рецӏцӏулел хӏатӏал. Хӏалтӏизе росун руго авлахъалдаса сахал хӏатӏалгун тӏад руссарал гӏолохъаби. «Живго цӏунизе лъаларев чияс дир гӏиги цӏунуларо, дуего батӏияб хӏалтӏи балагье», — ян абун буго лъабабилев гӏолохъанчиясда гӏиял бетӏергьанас.\nЩивав чиясе къимат кьолеб шартӏлъун халкъалъ чӏезабун буго хъизамалдеги, гӏагарлъиялдеги, гьудул-гьалмагъзабаздеги гьесул бугеб бербалагьи. «Эбел йокьуларев чиясе ватӏанги бокьуларо», — ян абун буго халкъияб кици. Унго-унгояб адаб- хӏурматалъул кьучӏги, халкъалъул пикруялда рекъон, буго щивасул рекӏелъги ботӏролъги бессун. Пуланаб хъизамалъул, тухум-кьибилалъул, росдал вакиллъун жив вугеблъи бичӏчӏулев чиясухъа гурони бажаруларо, гӏагараб ракьалдеги, росдал агьлуялдеги, ватӏаналдеги, гӏагарлъиялдегун вац-яцалдеги адаб загьир гьабун.\n«Кӏудияв чиясда тӏадаб буго кӏудиявлъун вукӏине» — гьедин малъулеб буго халкъияб педагогикаялъ кӏудиязул адаб гьабизе кколеблъи. Хӏакъикъаталдаги, Дагъистаналъул тарихалда гьечӏо цониги росу яги шагьар тухумалъул, хъизамалъул, жамагӏаталъул кӏудиявлъун рикӏкӏунев чи гьечӏеб. Халкъиял маргьабазулъ цӏодорав херас кумек гьабула нухлул лъабрикьуде ккарав ва кинаб нух тӏасабищилебали ургъулев гӏолиласе, малъула, кинаб улка-ракьалда батулебали «чӏагояб» лъим. Чӏахӏиял чагӏи кидаго рукӏана гӏолилазе нух къалъизабулел чирахъаллъун. «Кӏудияв чилъун» дагъистанияз рикӏкӏуна эбел-эмен, кӏудада ва кӏодоэбел, жиндаса ригьалъ цӏикӏкӏарав, ай пуланав чиясдаса цеве ракьалда вижарав чи. «Чӏахӏияз малъараб гьабичӏев чияс жиндаго тӏаде цӏала кӏудияб балагь», «Кӏудияв чи гьечӏеб рукъалда баракат лъоларо», «Букӏунаро анкьго рукъги микьго кӏудиявги», — гьедин малъула халкъиял кицабаз.\nГьелдаго цадахъ, халкъияб педагогикаялда цӏунун хутӏун руго тухумалъул кӏудиясде ругел тӏалабалги. Гьел рукӏине ккола гӏакъилал, гӏолилазе лъикӏаб хьвада- чӏвадиялъул мисал бихьизабулел, жив кӏудиявин абун, гӏисиназул тӏалаб-агъаз гьабулел ва гьел мекъаб нухде ккезе толарел. Гьединав ватичӏони, кӏудияв чиясухъ гӏинтӏамизе тӏадаблъун гьабуларо. «Кӏудиясухъа бажаризе ккола жив кӏудияв вугеблъи загьир гьабун», «Адабалъул къимат лъалев чиясул гурони адаб гьабуларо», «Бицунев чи гӏабдал вугони, гӏенеккулесулниги гӏакълу букӏине ккела».\nХалкъияб педагогикаялда рекъон, лъималазда гьабизе гьитӏинго малъизе ккола инсанасул адаб: «Лъимер куцай, кинида букӏаго, бече – кварида бухьун букӏаго». Инсанасул къадру гьабула, жамгӏияталъул гьесул хӏакъалъулъ бугеб пикруги кьочӏое босун: «Мун къадруявлъун рикӏкӏине бокьун батани, лъимадул адаб-хъатир гьабе».\nГӏакъилав чияс кидаго гьабула инсанасул адаб, тӏоцебесеб иргаялда лъималазул – гьезул тӏалаб гьабулаан, жеги эбелалъул ургьисанго. Ракӏалде щола дирго эбелалъ рагъда чӏварав вац Нажмудинил хӏакъалъулъ бицунеб букӏараб хабар: «Кваназе гӏодор чӏараб мехалда, лъимаде йигей дие гьес кидаго кьолаан кванил кӏиго бутӏа. Цо – дуе, — ян абулаан гьес, кӏиабилеб – дур ургьиб бугеб лъимадуе. Гьевги вуго инсан. Мун лъикӏ кваназе ккола, досиеги щвезе букӏине», — ян. Лъимадул тӏалабгун адаб гьаби ккола хъизамалъги, мадугьалзабазги, гӏагарлъиялъги лъимаде йигей чӏужугӏаданалъул тӏалаб гьаби – гьединаб бербалагьи буго тӏолго дагъистаниязул. Нилъеда лъала, гӏемер лъимал ругеб хъизамалъухъе унев гьоболасги кидаго цадахъ росула гьезие сайгъатал. Гьедин лъималазул рекӏелъ бижула адабияб бербалагьи.\nЛъималазе тарбия кьола хӏалтӏулеб мехалдаги. Хасаб бербалагьи куцалаан чадидехун. Къотӏноб басандизе унеб лъимадухъ кодоб чед бихьани, вахъун чӏовухъе кваназе бегьуларин, чед цӏунизе кколин бицунаан. Жидерго мисалалдалъун бичӏчӏизабулаан чадил адаб гьабизе. Масала, нухда гӏодоб батараб чед кодобе босула ва, тӏаса хӏур-махӏги кӏутӏун, лъилниги хӏатӏикье кколареб бакӏалда лъола. Чадие гӏатӏ буцулеб мехалда, гьелъул цониги къатӏра гӏодобе бортизе толароан эбелалъ. Корохъа рокъобеги чед босулаан, бацӏцӏадаб чӏартилъги жемун ва, гьитӏинаб лъимерго гӏадин, карандеги къан. Гьеб кинабго бихьулаан лъималазда ва гьезги хӏаракат гьабулаан чадилги жидее чед-хинкӏ чӏезабулел эбел-инсулги къимат гьабизе.\nТӏаде вачӏарав гьоболасулги, тухумалъул кӏудиязулги, мадугьалзабазулги гьабулеб адабги мисаллъун чӏолаан лъималазе. Адаб гьабилъун ккола ургъелги рохелги бащад гьаби, цӏодорай, росулъго къадру бугей херай гӏаданалъул малъиялъухъ гӏинтӏами, кӏудияв чиясул гьари тӏубай.\nКӏудияб адабгун дагъистанияз къабул гьавулаан гьобол. Гьесда разиго дандчӏвалаан, цӏехолаан хъизам-агьлуялъул сахлъиялъулги, гӏагарлъиялъулги, хӏалтӏи- пишаялъулги хӏакъалъулъ. Гьоболасда цебе рокъоб гъалмагъир ккезе толароан – гьесул ракӏ пашманлъунгутӏизе. Гьоболасе ракӏгъеялъе ахӏулаан гӏагарлъигун мадугьаллъи. Чӏахӏиязул мажлисалда чӏечӏого, лъимал унаан цогидаб рокъорехун – гьезие квалквал ккунгутӏизе. Гьалбадерил тӏалаб гьабизе ихтияр букӏана кӏудиял лъималазул. Амма гьелги бегьулароан чӏахӏиязул харбилъ журазе, гьез гӏицӏго кьолаан кӏудиязул суалазе жавабал.\n«Кӏудияв чи хӏакъир гьавизе тоге, гьесда нахъаса вахъа, чӏахӏиязе кумек гьабе, амма гьабураб жоялъул бицун веццаруге – гьеб буго дуда тӏадаб борч; чӏахӏиязда гьоркьов гӏодове виччан вукӏа, лъай дурго бакӏги гьезул харбида гьоркьове лъугьунеб мехги; кӏудияв чи дандчӏвараб мехалда, гьесдаса цебе салам кье; кинаб хӏалтӏи байбихьаниги, цин чӏахӏиязулгун гӏакълу дандбай», — гьедин малъула халкъияб педагогикаялъ."}
{"slug": "8908-50-sonal-rosdae-kh-ulukh-alda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8908-50-sonal-rosdae-kh-ulukh-alda", "title": "50 соналъ росдае хъулухъалда", "date": "2020-07-06 11:30:44", "categories": ["med"], "text": "Гьанжего-гьанже 20 сон барав гӏолохъанчи вукӏана Мухӏамадов Гъазилав, Буйнакск шагьаралда медучилищеги лъугӏизабун, Шамил района- лъул Дагъбаш росдал медпункталде хӏалтӏизе вачӏиндал. Расги бигьа букӏинчӏо гьесие я ток, я автомашинаялъе нух гуреб, цин хӏалтӏун, цин чӏун букӏунеб телефоналъул бухьенги чамгӏалаб росулъ хӏалтӏизе. Хӏалтӏул хӏалбихьиги букӏинчӏелъул, кинабго лъутӏа- къотӏизе кколаан гъалатӏ кколаредухъ.\nЖакъа 70 сонил борхалъуде вахиндал, араб гӏумруялъухъги гьабураб хӏалтӏухъги балагьун, Гъазиласул чӏухӏизе ресги буго. Кинха букӏинареб, ахираб 30 соналъ росулъ ккечӏелъул лъимер яги лъимаде йигей чӏужугӏадан хвеялъул цониги хӏужа.\nБищунго аслияб жо, росдал жамагӏат цӏакъ рази буго Гъазиласдаса.\nГьанжени алжан бугилан абула гьес. Росулъе машина хьвадула, «хехаб кумекалъул» тохтурзаби рачӏуна, мобильнияб бухьен буго. Гъоркьиса рагьана росулъ акушеркаялъул штатги.\nДунялалдаго тӏибитӏараб коронавирусалда бан росулъ щиб хӏал бугебилан цӏехедал, гьес абуна жидеца коронавирус росулъе къазе биччачӏилан.\n— Къана росулъе нух, виччачӏо щивго чи. Гьелъ пайдаги кьуна. Кинабго рахъалдасан кумек щвана бегавул Гӏумархӏажилги, — ян бицана Гъ. Мухӏамадовас.\nГъазиласул хӏакъалъулъ цӏе- хедал, гьадин бицана ЦРБялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловас:\n— Гъазилав ккола райцентаралдаса бищун рикӏкӏад бугеб медпункталъул заведующий. Чанго моцӏалъ цеве дунгоги щвана гьениве. Медпункталъул хӏалтӏи лъикӏ гӏуцӏун буго. Цохӏо коронавирус росулъе биччачӏолъиялъухъги баркала кьезе бегьила гьесие, — ян.\nГъ. Мухӏамадов ккола росдал хиси гьечӏев депутатги, чанго соналъ тӏубана гьес «Советский лесхозалъул» парткомасул секретарасул хъулухъги, руго гӏемерал шапакъаталги.\nБищун аслияб жо, гьев вуго инсанасул хӏажалъиги къварилъиги бичӏчӏулев инсан."}
{"slug": "8909-bakhill-ize-bachiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8909-bakhill-ize-bachiana", "title": "Бахиллъизе бачӏана", "date": "2020-07-06 11:39:59", "categories": ["pismo"], "text": "Ургьисалабиги унтун, республикаялъул урологиялъул централде ккун йикӏана дун. Гьениб бараб заманалда жаниб дида бихьана унтараздехун гьелъул хӏалтӏухъабазул бугеб недегьаб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб бербалагьи.\nНичаб жойилан тунищали, цогидал унтабазул хӏакъалъулъ гӏадин, гӏадамаз гӏемер бицунарин ккола дида кӏварщул мухъалда, ургьисалабазда хурхарал гӏузрабазул. Гьел сах гьарулел къагӏидабиги батӏи-батӏиял ругелъулха гьанже. Гьеб рахъалъ лъай камилал тохтурзаби ратана централда.\nГьанже гӏемер батӏи-батӏиял харбал рагӏула тохтурзабазда нахъасан рицунел. Масала, ришватал росулин абун. Амма жидее гьукъун бугилан, шоколадалъул плиткаялдасацин инкар гьабуна гьениб.\nДун санаторияздеги щвана, амма санаторияздаса къадараб квенги кьолеб гьечӏоан гьениб. Богогьабазулги бугоан унтараздехун рокъосел чагӏаздехун гӏадаб бербалагьи.\nЦо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула гьелъие-долъие биччараб гӏарац букӏунин пачалихъалъ щибаб больницаялъеян. Букӏуна. Амма киназдаго гуро хӏалтӏи гӏуцӏизе лъалеб. Гьединлъидал, дунгӏан Аллагьги разилъун ватаги нужедаса. Хас гьабун рехсезе рокьун руго бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиевасул, отделениялъул заведующий Ахӏмад Айдемировасул, дунго сах гьавурав тохтур Марат Хӏажиахӏмадовасул, медсестраби Кавсарат Мухӏамаевалъул, Минажат Цахаевалъул, Асият Гӏалимпашаевалъул, Залина Зулфукаевалъул, Зубаржат Хусруевалъул цӏарал."}
{"slug": "8910-dutsa-kurab-duego-batula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8910-dutsa-kurab-duego-batula", "title": "Дуца кьураб дуего батула", "date": "2020-07-06 11:44:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исана гьабураб хӏалтӏул, коронавирусалъул пандемия тӏибитӏиялда бан ккарал хиса-басиязул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместитель,Чӏарада районалъул Гьочоб росулъа Тӏалхӏатов Мухӏамадханилгун.\n— Мухӏамадхан, исана щиб гьабизе ракӏалда букӏараб Фондалъул хӏалтӏухъабазда ва щиб гьабун бажарараб?\n— Лъагӏалида жаниб нижеца гьабизе кколеб хӏалтӏи тасдикъ гьабула ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялдалъун. Коронавирусалъул хӏасилалда, исана гьединаб хӏукму къватӏибе бачӏана 8 июналда. Гьелда рекъон, исана нижеца къачӏазе руго церехун киданиги къачӏачӏелгӏан гӏемер минабиги (132 гӏемертӏалаяб мина (490 азарго кв. метралъул гӏатӏилъи), 2019 соналда къачӏан букӏана 99 мина). Гьеб хӏалтӏул гӏаммаб багьа бащалъула 597 млн гъурщида. Гьелдаса 497 млн гъурущ бакӏаризе ккола гӏадамазухъа, хутӏараб 100 млн буго лифтал къачӏаялъе (законалда рекъон гьебги бакӏаризе кколаан гӏадамазухъа) республикаялъул бюджеталъ биччараб гӏарац.\nАмма коронавирусалда хурхун лъазабун букӏараб карантиналъ ралел бакӏазул хӏалтӏи лъалхъизабуна, Фондалъул аппараталъул хӏалтӏул низам хисизабуна. Мисалалъе, цо моцӏалъ гӏадамазухъе щвезаричӏого хутӏана гьез кьезе кколеб гӏарцул счетал-квитанциял. Хӏукуматалъул хӏукму цӏакъго кватӏун къватӏибе бачӏиналъ минаби къачӏаялъул хӏалтӏи жеги байбихьичӏониги, тӏадбан унеб буго проекталгун сметаби гӏуцӏиялъул хӏалтӏи.\n— Минаби къачӏаялъул кинабго хӏалтӏи гьабула гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарцухъ. Гьеб бакӏариялъул рахъалъ щиб хӏал бугеб?\n— Гьабсагӏаталда гӏемер беццизесеб хӏал гьечӏо. Гъоркьиса гьабго заманалде дандеккун, исана бакӏарараб гӏарцул къадар, коронавирусалда ва гьелда хурхарал гӏиллабаздалъун, дагьлъана 20-гӏанасеб проценталъ.\nГьедин бугониги, тӏаде босараб иш тӏубазабизе буго. Киналго проектазулгун документазул ишги тӏубан, тендералги тӏоритӏун, август моцӏалда байбихьизе буго кинабго хӏалтӏи ва декабрь моцӏалда лъугӏизеги буго. Цӏидасан, кьучӏдасанго байбихьун ралел минаби гурелъул гьел, гьеб хӏалтӏулъ лъикӏаб хӏалбихьи буго нижер. Кинабго хӏалтӏи гьабула (хадубккун гӏарац кьезелъунги) тендераздаги гӏахьаллъарал, нижер министерствоялъул реестралдаги ругел, церегоялдаса нахъе нижгунги хӏалтӏулел подрядчиказ.\n— Ахираб заманалда пачалихъалъ гӏадамазе гӏезегӏан бигьалъаби гьаруна. Капиталияб ремонталъухъ кьолеб гӏарцуда хурхун ругищ гьединал бигьалъаби?\n— Жидеего хайир щвезелъун пачалихъалъ гӏадамазухъа бакӏарулеб ялъуни гьелъ нилъехъа босулеб налог гьеб гуро. Капиталияб ремонталъухъ нилъеца кьолеб гӏарац ккола, тӏаде рачӏунел процентал гьечӏониги банкалъул картаялда лъураб хӏисабалъул, ирга щвараб заманалда нилъецаго гӏумру гьабулеб мина къачӏазе бакӏарулеб гӏарац. Гьедин бугеб заманалда кинал бигьалъабиха рукӏинел. Цого-цо исана гьабураб жо буго тариф (цо кв метралъухъ кьолеб гӏарац) цӏикӏкӏинабичӏого тей. Исана гьеб букӏине кколаан 6,5 гъурущ, гьабсагӏаталда буго гъоркьисаго букӏахъе, ай 5,67 гъурущ.\nНижехъ букӏуна пачалихъалъул программаялде гьоркьоре росарал гӏемертӏалаял минабахъ ругел секциязул бетӏергьабаз кьураб гӏарцул мухӏканаб хӏисаб-суал. Регионалияб программаялда рекъон, цо пуланаб гӏемертӏалаяб мина къачӏазе заман щваниги, гьениб гӏумру гьабулел гӏадамаз хӏажатаб гӏарац бакӏарун батичӏони, нижер ихтияр буго гьеб мина сияхӏалъул ахиралде бачине."}
{"slug": "8953-diniyab-l-aj-keyal-egi-internetaldasa-pajda-bosula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8953-diniyab-l-aj-keyal-egi-internetaldasa-pajda-bosula", "title": "Динияб лъай кьеялъеги интернеталдаса пайда босула", "date": "2020-07-10 07:55:29", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Гӏахьвахъ районалда лъималазда гьоркьоб Къуръан цӏалиялъул конкурсалъул хӏасилал гьаруна. Киса-кибего коронавирус унти тӏибитӏараб заманалда динияб лъай кьейги чӏезабун течӏо районалда. Мадрасаялда цӏалулел рукӏарал лъималазе рес букӏана интернеталъул кумекалдалъун онлайн-дарсаздаса пайда босизе.\nПандемиялъул заманалда Инстаграмалъул кумекалдалъун муфтияталъул Гӏахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул (просвещение) отделалъ Къуръан цӏализе лъалел лъималазда гьоркьор къецал тӏоритӏана. Гьоркьоса къотӏичӏого гьарулел рукӏана гӏадамазе бичӏчӏикьеялъул вагӏзабиги. Рамазан моцӏалдаго тӏобитӏун букӏана гьитӏинал васазда гьоркьоб Къуръан берцин цӏалиялъул къец. Бергьаразе шапакъатал ва сайгъатал гьаруна Гӏахьвахъ районалъул депутатазул собраниялъул предсетатель Мухӏамад Муртазгӏалиевасул ва цогидал районцоязул кумекалдалъун. Гьеб къецалъул кумекалдалъун гьитӏинал мутагӏилзабазе рес щвана цебеккун тӏадчӏун мадрасаялда лъолел рукӏарал дарсал ракӏалде щвезаризе ва лъай жеги камил гьабизе.\nРайоналъул муфтияталъул Гӏахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъ дагьаб цебегӏан ясазда гьоркьобги тӏобитӏана гьединабго къец. Гьенир гӏахьаллъана магӏарулазул чанго районалдаса ункъо сон баралдаса 12 сон базегӏан ясал.\nГьеб отделалъул нухмалъулев Шамсудин Шамсудиновас бицана: «Щибаб соналда районалъул росабалъ батӏа-батӏаго тӏоритӏула лъималазда гьоркьор исламалъул кьучӏал лъазариялъул, как базе, Къуръан цӏализе лъаялъул, «Мухӏамад (с.т.гӏ.в.) аварагасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ» лъазабиялъул конкурсал.\nРайоналда зама-заманаялдаса наркоманиялде, экстремизмалде, терроризмалде данде къеркьеялъул тадбиралги тӏоритӏула. Гӏолилазе ватӏан бокьиялъул, рухӏияб рахъ цебетӏеялъул тарбия кьеялда тӏадчӏей гьабула. Ислам щиб кколебали бичӏчӏи кьола. Хъалиян цӏай, гьекъолди гӏадал гӏамалазде гӏолилал руссинаредухъ», — ян."}
{"slug": "8970-giedegiun-kietiana-dur-rekiel-sagiat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8970-giedegiun-kietiana-dur-rekiel-sagiat", "title": "Гӏедегӏун кӏетӏана дур рекӏел сагӏат", "date": "2020-07-13 10:48:03", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏабдулманап Нурмухӏамадов ракӏалде щвеялъе\n3 июлалда нилъедаса ватӏалъана Гӏабдулманап Нурмухӏамадов. Гьев щив ва щиб пишаялъул чи вукӏаравали газета цӏалулезда бицинчӏониги лъала. Гьесул вас Хӏабибица цоялда хадур цоял машгьурал бергьенлъаби росун хадуб, цадахъго тӏибитӏана Гӏабдулманапил цӏарги нилъер пача- лихъалда ва улка бахун къватӏибехун. Дунялалъул 18 чемпион хӏадур гьавурав чи хӏисабалда, гьесул цӏар босун буго Россиялъул Гиннессил тӏехьалдеги. Апрелалъул ахирада гӏадин, Гӏабдулманап Нурмухӏамадовги коронавирусалъ унтун вугин рагӏараб кьогӏаб хабаралъ гӏемерав чиясул рахӏат хвезабуна. Социалиял гьиназда къо гьоркьоб бахъун гьесие мадар лъугьагиян дугӏа-алхӏамалда букӏана бащдаб Дагъистан.\nХӏакъикъаталдаги гьесие мадар лъугьун бугин абураб хабарги бачӏун букӏана дагьаб цебегӏан къватӏибе. Амма гӏемер къоялго ралелде щвана гьев къанщун вугилан пашма- наб ругьелги. Цӏакъ гӏемерав чиясул ракӏхвана гьеб хабаралъ: цоцада зигара балел, Гӏабдулманапил лъикӏлъаби рехсолел рукӏана магӏарулал гьаб анкьица. «Кутакалда гӏадамасул адаб бугев, иманги гӏамалги берцинав чи вукӏана мунагьал чурад», — илан абулеб буго киназго цо кӏалдиса гӏадин.\nНижер пикру ккана Гӏабдулманап лъалев вукӏарал, гьевгун цадахъ чанги гӏодорчӏарал гӏадамаз, гьесул гьудулзабаз рицарал ракӏалдещвеял кьезе жакъасеб номералда.\nГьитӏинго балугълъана\nЦӏумада районалъул Силдиса Мухӏамад Тӏалхӏатов, Гӏабдул манапил гӏагарав чи: «Гӏабдулманап, мунагьал чурад, дида лъалаан гьавураб мехалдасаго. Амма цогидазул гӏадаб гӏадатияб лъимерлъи гьесул букӏинчӏилан абизе бокьун буго дие. Щайгурелъул гьев вукӏана гьитӏинго кӏудияв гӏурав чи. Цогидал лъимал гӏадин, расандабазде, рекӏелгъеязде вуссун гьев киданиги вукӏун ватиларо, гьелъие гьесул заманги букӏинчӏо.\nЩайгурелъул школалда цӏалиги, гьелдаса хадуб эбел-инсуе гьабулеб кумекги, хадув жиндаго тӏад хӏалтӏиги — бикьун букӏунаан гьес заман. Цо батӏияб тӏабигӏаталъул вас вукӏана гьев гьитӏинаб мехалъго. Цохӏо Гӏабдулманап гуревги, жеги лъабго васги рукӏиндалха гьезул хъизамалда, амма Гӏабдулманап цо лъиданиги релълъинчӏев, цо бахилаб гӏамал-хасияталъул инсан вукӏана, гьединавлъун хутӏана дие гьев чан сон аниги.\nАрмиялде инелде цебе байбихьана гьес росдал гӏисинал гӏолохъаби спорталъе куцазе. Киналгӏаги шартӏал гьечӏеб, гъоркь тӏамизе сахаб ургуцин гьечӏеб спортзалалде ракӏарулаан гьес лъимал. Ракӏаризеги, живго хадув рокъовеги ун рачун рачӏунаан. Гьединаб инсулаб тӏалабги, цадахъго кьвариги букӏана гьесул гӏун рачӏунел гӏолохъабаздехун. Гьелъ росдаего кӏодолъана гьев. Гьединабго рокьи букӏана гьесул диналдехунги. Паризаялин, суннаталин какал ратӏа гьаричӏого, гьел гӏужда разе хӏаракат бугев чи вукӏана мунагьал чурад. Кутакалда иман щулияв, гӏадатияв чи вукӏана гьев. Цохӏо Хӏабиб гуревги, жеги кӏигоги вас вуго гьесул, гьев лъабавго васасулъ жиндирго бугеб тӏабигӏат куцазе бажарана гьесухъа, гьеб кӏудияб даража буго инсанасул. Гьев гӏемер вачӏунаан дир рокъовеги. Кироваулалда дир рукъалда аскӏоб буго рузман балеб кӏудияб мажгит. Кидаго рузманалдаса хадур ниж кӏиялго дир рукъалъул азбаралъуб бугеб тӏадхъваликь гӏодор чӏолаан хабар-кӏалалда. Гьесул гьабизе ракӏалда бугебщинаб жо букӏунаан росдае, жамагӏаталъе гӏоло киридахъ гьабизе ният ккараб. Жиндирго рукъалъе гьединаб жигарги хӏаракатги гьесул букӏун батиларин кколаан дида ракӏалде. Нижер Кироваулалда 30 км. батила гьес хъил тӏун къачӏарал нухазул. Гьединго гӏагараб Силди росулъ гьес рагьана киналго санагӏалъабиги ругеб гьанже заманалъул спортивияб комплекс. Жеги чӏахӏиял планалги хьулалги рукӏана мунагьал чурадил. Гьанже Хӏабибица абуна инсуда ракӏалда рукӏарал киналго мурадал жиндица гӏумруялде рахъине гьарилин, Бичас биччани. Аллагьас тавпикъ кьеги гьесие. Гӏабдулманапги Аллагьас Алжан кьун вохизавун ватаги», — ян ракӏалде щвезавуна Мухӏамад Тӏалхӏатовас Гӏабдулманап.\nМашгьурлъи щваниги, живго хисичӏев\nМухӏамад Бисавгӏалиев, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор: «Диргун Гӏабдулманапил тӏоцебе лъай-хъвай ккана 2012 соналъ. Фейсбукалъул гьурмазда нижерго тӏомуразул, некӏсияб Журмуталъул биценал, тарихиялгун этнографиялъул хъвай-хъвагӏаял дица лъезе байбихьараб заман букӏана гьеб. Гӏабдулманап вукӏана кутакалда магӏаруллъи бокьулев чи. Магӏарулазул гӏадат-гӏамал, халкъиял кӏалзул гьунарал, нилъер маданият цӏакъ хирияв чи вукӏана гьев. Живго спорталъул вакил вугониги, гъваридаб миллияб бичӏчӏи бугев чи вукӏана. Гьедин тӏоцебе виртуалияб куцалда лъай-хъвай ккана нижер. Гьелдаса гӏемер мех инелде гьес ахӏун бачӏана Сулейман Стальскиясул къотӏноб дудаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого бугеб жиндир офисалде вачӏине рес гьечӏищин дур, чайги гьекъезе, хабар-кӏалги бицине. Гьениб бицана гьес мухӏканго, хъанда шаригӏаталъул заманалда жиндирго умумул Ставрополь краялде гочинариялъул, эбел-эменги хун, гьитӏинав вас цо эрмениязул хъизамалъ вичун восиялъул ва гьесул хадусеб къисматалъул хӏакъалъулъ. Тӏабигӏаталъго кьураб къвакӏараб, щулияб къуват бугев чи лъугьуна гьев васасул. Цо-цоккун гьес жиндирго кьерилал рухулел рукӏин бихьарабго, цо эрменияс хӏехьезе кӏвечӏого, абула гьесда: «Мун эрменияв гуро, къватӏиса лъутун вачӏарав чи вуго», — ян. Гьеб рогьо хӏехьезе кӏвечӏого, живго хьихьарав инсуда гьикъула гьес: «Дун щив ва мунги щив кколев, кин дун духъе ккарав», — абун. Гьев херав эрмениясги бахчичӏого бицуна дур умумул Дагъистаналдаса кколин, къисматалъ гьел чияр ракьалде кканин, гьел хведал мунги жидеца вачанин хьихьизе абун. Гьеб хӏакъикъат лъарабго гьениса Гуржиялде ун, хадув Цӏунтӏе вачӏун, Цӏунтӏаса Силдиве щун жиндирго кӏудияв эменги, кӏудияв инсул вацги ватула гьесда ва гьенийго чӏужуги ячун яшав гьабизе байбихьула. Гьесдасан лъугьараб наслу кколеб буго Гӏабдулманапил. Гьесул эбелалъул рахъалдаса наслу наибзабазул тухумалъул чагӏиги жанир рахъараб, къадруяб наслу буго, гьезул тарихчагӏаз бицухъе. Нижер лъикӏаб гьоркьоблъи букӏана ахирал соназда. Гӏемерав щолаан гьесухъе хӏалтӏудеги, гьев вачӏунаан дихъе рокъовеги, цо-цо чайкаби кваназаризе ралъдахъеги хьвадулаан. Гьедин цоцаздехун хӏажалъи цӏикӏкӏараб гьоркьоблъи букӏана нижер. Жакъа гьесул вас Хӏабиб вугин абизе бегьула Кавказалда бищун машгьурав чилъун. Амма Гӏабдулманапил гӏакълу гӏуна, кигӏан кӏудияб машгьурлъигун цӏар-рецц, хӏатталдаса ун гӏемераб гӏарац васасе щваниги, гьелъ жиндирго бетӏер сверичӏого хутӏизе. Цӏакъ гӏадатияв чи вукӏана гьев. Гъваридав, сабурав, тӏаде вачӏарав чиясухъ гӏенеккулев, гьесул хӏажалъи тӏубазе хӏаракат бахъулев. Хӏабиб чемпионлъун вахъун хадуб щвараб машгьурлъиялдаса хадусевги, гьелдаса цеве вукӏарав Гӏабдулманапидаги гьоркьоб дида батӏалъи батичӏо, гьев хисичӏо. Гьев вукӏана иманги щулияв, гӏакълуги камилав, гӏадамалги рокьулев, тарихги бичӏчӏулев, пикруги бугев инсан. Аллагьас иманалда тӏовитӏун, ахират лъикӏаб щун, вохизавун ватаги Бетӏергьанас гьев. Нахъе ругезе халатаб гӏумруги, рекӏее сабруги кьеги. Амин».\nЧемпионазул къебелъи куцарав\nМухӏамадгӏарип Къадиев, рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Мухӏамад Мухӏамадовасул эмен:\n«2001 сон букӏана. Автодорожнияб техникумалда бугеб кикбоксингалъул залалде хьвадулев вас вачӏана рокъове, (гьебго соналъ гьев вахъун вукӏана кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул чемпионлъун) жив батӏияб клубалде инехъин вугилан.\nЩиб батӏияб клубгӏаги гьеб, щай мун эниве уневин гьикъидал, рагъулаб самбоялъул цӏияб клуб рагьун бугин, эниве хьвадизе бокьун бугин жиндиеян бицана гьес. Щив элъул тренерин цӏехедал, Гӏабдулманапин жаваб кьуна васас. «Щибха гьабилеб дуе бокьун батани», — ян, дунги батӏаго тӏад вахъинчӏо. Васас байбихьана цӏияб спортивияб клубалде хьвадизе. Цо къоялъ дунго щвана гьениве, ккана Гӏабдулманапилгун лъай-хъвай. Тӏоцеве вихьараб мехалъго гьес дие гьабураб асар дида гьаниб тӏубан рагӏа-ракьанде щун бицун бажариларо. Цӏакъ гӏадатияв, сабурав, иман бугев чи гьев ватаравго, унголъунги гьадинал чагӏиги рукӏунел ругин дунялалдаян, вохизе бачӏана. Гӏолохъабаздехун гьесул букӏана хинаб бербалагьи. Вега-вахъунги спортзалалдаго вукӏунаан гьев. 2002 соналъ дир вас вахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ республикаялъул чемпионлъун. Кӏиго соналдасан гьевги, Шамил Завуровги, жеги чанго гӏолохъанчиги рахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун. Махӏачхъалаялда тӏобитӏун букӏана гьеб кӏудияб тадбир. Гьел кӏиялго ккола Гӏабдулманапица хӏадур гьарурал тӏоцересел чемпионазул цоял. Жин- ца ругьун гьарулел гӏолохъабаздехун инсулаб тӏалаб букӏунаан гьесул. Тренировка лъугӏун хадуб, гьел рокъоре эбел-инсуда аскӏоре щун ругищали лъазабулаан гьес, щивасул рокъобеги ахӏун. Доб мехалъ спортивиял турнирал тӏоритӏизе кӏудиял ресал рукӏунароан республикаялъул Спорталъул министерствоялъул. Гьединлъидал Гӏабдулманапица жиндирго кисиниса гӏарацги кьун кумек гьабулаан гӏолохъабазе къецазда гӏахьаллъизе. Гьединав, гӏаданлъиги иманги цӏикӏкӏарав чи вукӏана Гӏабдулманап. Щиб гьабилеб, ворчӏичӏо гьев гӏажалалдаса, Алжан кьун вохизавун ватаги Аллагьас».\n«Кумекни кӏваричӏо, квалквалгӏаги гьабуге»\nМухӏамад Хӏайбулаев, педагогикиял гӏелмабазул кандидат:\n«Гӏабдулманапилги дирги лъай-хъвай ккана 40 соналъ цебе, гьев Кироваулалда совхозалъул председательлъун хӏалтӏулел сонал рукӏана гьел. Хадуб совхозал риххараб, ракьалги гьасухъе-досухъе рикьизе байбихьараб мехалъ, цоцазулгун гьоркьоблъи хвезе байбихьана гӏадамазул. Дора Россиялде гочун арал гӏадамазулги ратулаан гьанир-дора хъвай-хъвагӏай гьабурал совхо- залъул рукӏарал ракьал.\nГьеб сабаблъун гӏемерав судазде хьвадизе ккана Гӏабдулманап. Гьесул гьудул вукӏана лъикӏав адвокат, гьес кумек гьабун, кидаго бергьинеги бергьунаан гьев судазда. Цӏакъ чӏалгӏунги букӏана Гӏабдулманапида гьеб гизма. Цо къоялъ абуна дица гьесда щайин дуе гьаб кинабго гӏала-гъважа, кидаллъагӏанин мун гьазулгун дагӏба-рагӏиялда вукӏинев, шагьаралде щай мун вахъунаревилан. Дида ракӏалде ккун букӏана хъизангун цадахъ вачӏинин гьевилан, амма лъицаниги гьабулареб гӏадаб жо гьабуна гьес. Живго инеги ун, 11 гӏолилавги вакӏарун гьел куцазе байбихьана. Доб мехалъ колледжалъул директорги вукӏун, нижерго спортзал кьуна дица гьесухъе. Гьес хӏадур гьарурал 11-ясул щугояв вахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун. Хадуб гьесул хӏаракаталдалъун дунялалъул чемпионат тӏобитӏана Махӏачхъалаялдаги.\nГӏемерав чи дандечӏунги вукӏана гьесда. Ракӏалда буго, доб мехалъ спорталъул министрлъун вукӏарав Шагьгӏабас Шагьовасда гьес абуна дур кумекги къваригӏун гьечӏин, гӏарацги хӏажалъиларин, квалквал гьабичӏониги тейилан. Амма толеб букӏинчӏо гьесие рахӏат гьез. Республикаялда цебе ккураб спорт, эркенаб гугариги букӏун, гьебги нахъегӏан цун, рагъулаб самбоялъе гьединаб тӏадегӏанаб даража щвей рекӏее гӏун букӏинчӏо гьезие.\nАмма Гӏабдулманапица течӏо гьеб рагӏалде бахъинабичӏого. Гьев вукӏана кӏвахӏ гьечӏеб, къвакӏараб хасияталъул, щулияб пикруялъул чи. Гьес кидаго абулаан спортсменасул кидаго бицун цебесеб кьерда букӏине кколин гӏадлу-низам. Гьеб гьечӏони, гьесул иш цебехун унарилан. Гьеб жиндирго гӏолохъабаздасаги тӏалаб гьабулаан гьес. Хъахӏлъи барабго рахъинарун, ралъдахъе рекеризе тӏамун, чорхое лълъадарулел гьабун, эркенаб минуталъ чӏун толароан гьес гьел. Хвалидеги хӏадур вукӏана. Гьес жинцаго гьедин абизеги абуна «Нилъеда лъаларо кида нилъ гьаб дунялалдаса унелали, амма дунги мунги гьелде кидаго хӏадур рукӏине ккола» ян. Цойги гьев вукӏунаан жиндие цӏакъ бокьилаанин жив хун хадуб, валлагь Гӏабдулманапица жинхъаго бажарараб кумек гӏадамасе гьабичӏого течӏин, жиндаго аскӏове вачӏарав чиги нахъчӏвачӏилан абизе. Гьедин магӏарулаз абизе букӏиналдаги дир щибниги щаклъи гьечӏо, гӏемерав чиясул ракӏ бохизабурав чи вукӏана дир гьудул. Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги."}
{"slug": "8971-asliyab-zakonal-ul-asliyal-tialabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8971-asliyab-zakonal-ul-asliyal-tialabal", "title": "Аслияб законалъул аслиял тӏалабал", "date": "2020-07-13 11:26:35", "categories": ["ikhtiyaral-tsiuni"], "text": "Улкаялъул аслияб законалда хиса-басиял гьаруна. Гьезул рахъккуна гӏадамазул 76 проценталъ.\nКинал хиса-басиялха гьарурал?\n1. Халкъазда гьоркьосел къотӏи-къаяздасаги аслияблъун гьабизе Россиялъул Конституция, ай пуланаб хӏукму гьабулаго, тӏоцебесеб иргаялда, улкаялъул аслияб законалде мугъчӏвай гьабизе.\n2. Улкаялъул хӏукуматалъул председателасулги, министразулгун федералиял идарабазул нухмалъулезулги, губернаторазулги, сенаторазулги, депутатазулги ва судиязулги къватӏисеб улкаялъул гражданство яги гьениб гӏумру гьабизе кьолеб ихтияр букӏин гьукъизе.\n3. Пачалихъиябги муниципалиябги власталъул идарабазул бухьен щулалъизабизе.\n4. Конституциялда хъвазе «Пачалихъияб советалъул хӏакъалъулъ» баян.\n5. Улкаялъул хӏукуматалъул председатель, гьединго гьесул заместителал, федералиял министрал тасдикъ гьариялъул ихтияр кьезе Пачалихъияб Думаялъухъе.\n6. Къуваталъул ведомствабазул киналго нухмалъулел ва прокурорал президентас тасдикъ гьаризе, Федерациялъул Советалъулгун гӏакълуги дандбан.\n7. Хисизаризе президентасде ругел тӏалабал: гьес Россиялда гӏумру гьабизе ккола 25 соналъ (гьабсагӏаталда бихьизабун буго 10 сон), гьев вукӏине бегьуларо батӏияб улкаялъул гражданинлъун яги гьениб гӏумру гьабизе ихтияр бугевлъун (рищиязул заманалда гуревги, гьездаса цебеккунги). Гьединго, президентлъиялъул болжалалъул хӏакъалъулъ бицунеб бакӏалдаса нахъе босизе «иргадал» абураб рагӏи.\n8. Конституциялъулаб судалъе ихтияр кьезе, президентасул бихьизабиялда рекъон, законопроектазда гъоркь гъулбасиналде, гьел Конституциялде рекъонкколищали хал гьабизе.\n9. Федерациялъул Советалъе ихтияр кьезе, президентасул бихьизабиялда рекъон, Конституциялъулабги Верховныйги судазул судияби хъулухъалдаса рахъизе, судиясул статус тезе бегьуларел ва жидерго яхӏ-намусгун къадру суризабулел ишал гьез гьарун ругони.\n10. Конституциялда хъвазе: Аллагьасда божи ккола умумузухъан щвараб къиматаб ирс ва гӏурус халкъ рикӏкӏуна пачалихъ гӏуцӏулеб халкълъун.\n«Ельцинилалъул» бакӏалда «путинилаб»\nБорис Ельцин президентлъун вугеб заманалдаги гьарун рукӏана Конституциялда хиса-басиял. Амма гьел рукӏинчӏо исана гӏадин гӏемерал.\nМасала, 2008 соналда, президентасулги Пачалихъияб Думаялъулги болжал цӏикӏкӏинариялда ва депутатазе премьерас хӏисаб кьеялда бан, хиса-басиял гьаруна Конституциялъул гӏицӏго ункъо статьяялда. 2014 соналъул байбихьуда хисизабуна Аслияб законалъул микьго статья ва нахъе рехана цо – Арбитражалъул тӏадегӏанаб суд къаялда ва прокурорал хӏалтӏуда теялъул тартиб мухӏкан гьабиялда бан. Гьебго соналъул риидал гьабуна кӏиго статьяялъул хиса-баси: гьелдалъун Федерациялъул Советалда гьабуна «президентасул квота».2020 соналъул июлалда хисизабуна Конституциялъул 41 статья ва тӏаде жубана щуго цӏияб статья. Гӏаммаб къагӏидаялда хисизабуна улкаялъул Аслияб законалъул 62 процент. Абизе бегьула «ельцинилалъул» бакӏалда «путинилаб» Конституция къабул гьабунилан. Гьелдалъун хисизабуна 25-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏулеб букӏараб политикияб системаги. Хисизаричӏого хутӏана Конституциялъул 1-себ, 2-леб ва 9-леб бутӏрул – гьел хисизаризе ккани, чарагьечӏого ахӏизе ккола Конституциялъулаб собраниялъул данделъи ва хӏадуризе ккола цӏияб Аслияб закон.\nУлкаялъул власталъул гӏуцӏи\nФедералияб Собраниялде хитӏаб гьабулаго, президент Владимир Путиница тӏоцебесеб нухалда рехсана Конституциялда гьаризе кколел хиса-басиял. Пачалихъияб Думаялда гьезул хӏакъалъулъ бицун хадуб абизегӏанасеб битӏизаби гьабичӏого, къабулги гьаруна гьел. Гьел хиса-басиялги аслияб къагӏидаялда хъинтӏулел рукӏана власталъул болъабазул бухьеназда. Аслияб пикру букӏана 1993 соналдаса нахъе билълъанхъизабураб ва президентасул пикру-рагӏи аслияб къуватлъун рикӏкӏунеб республикаялдаса рорчӏизе хӏаракат гьабулаго, власталъул къуват чучлъизе толарел къагӏидаби ралагьи.\nМасала, реформаялъул хӏасилалда Думаялъе ихтияр щвана премьерги, вице-премьералги, «гражданиял» министралги тасдикъ гьаризе (гьелдаса хадуб президентасда тӏалъула гьел тӏамизе). Гьебго заманалда, Конституциялъ ихтиярги кьун, къуваталъулал ведомстваби мутӏигӏлъизе ккола битӏахъего президентасе.\nЦӏикӏкӏине руго Конституциялъулаб судалъул ихтияралги. Гьелдаго цадахъ Федерациялъул Советалъе ихтияр щола, президентасул бихьи- забиялда рекъон, КСалъул ва цогидал судазул судияби хъулухъалдаса рахъизе.\nКинаб пикругун гӏуцӏун бугеб Пачалихъияб Совет? Гьеб гӏуцӏун букӏана 2000 соналда – президентасда цебе бугеб гӏакълу дандбалеб идара хӏисабалда. Амма гьеб нахъе гьабун букӏана, Конституциялъул 80-абилеб статьяялда рехсарал президентасул ишал такрар гьарулел ругинги абун. Гьелда тӏалъулел ишал баянлъизе ратила гьелъул хӏакъалъулъ законопроект къабул гьабураб мехалда.\nХалкъалъе бугеб пайда щиб?\nКонституциялда хъвана инсанас моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажатаб гӏарцул роценалдаса дагьаб гуреб моцӏрол харж букӏинеги ва щибаб соналда пенсиязул индексация гьабизеги кколин абун.\nАмма Конституциялда социалияб рахъалъ гьарурал хисабасиязул гӏемерисел «рижана» захӏматхалкъалъул хитӏабазул кьучӏалда: улкаялъул бетӏерасухъе гьел кьуна президентас тасдикъ гьабураб ва парламентарияздасаги, гӏалимзабаздасаги, жамгӏиял хӏаракатчагӏаздасаги гӏуцӏараб хӏалтӏул къокъаялъ. Социалияб блокалда хъвана, масала, гӏурус мацӏ пачалихъ гӏуцӏулеб мацӏ бугинги, хӏакъикъияб тарих цӏунизе кколинги, Аллагьасде божилъи умумузул ирсалъул хазина бугеблъиги. Конституция цӏилъана сахлъи цӏуниялдеги, гӏелмуялдеги, маданияталдеги, волонтерлъиялдегун гӏолилаздеги бугеб пачалихъалъул хасаб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ бицунел пунктаздалъун. Гьел нормаби рехсон рукӏана федералиял законазда, гьанже гьел росана Конституциялде.\nКъабул гьаруралго хиса-басиязухъищ гьаракь кьураб?\nКонституция хисизабиялда бан жамгӏияталда рукӏарал бахӏсал жеги ракӏалда ратила. Аслияб пикру букӏана Федералияб Собраниялъги, Пачалихъияб Думаялъги, Конституциялъулаб Судалъги къабулги гьарун, хӏакъикъияллъунги рикӏкӏунел хиса-басиязухъ гьаркьал кьезе тӏами кколин улкаялъул бюджеталъул сурсат пасат гьабиян абураб далил.\nХӏакъикъат букӏана гьадинаб. Хӏалтӏулеб Конституциялъул ичӏабилеб бетӏералда рекъон, гьелда хиса-басиял гьарураллъун рикӏкӏуна Пачалихъияб Думаялдагун Федералияб Собраниялда ругел депутатазул цӏикӏкӏарасеб бутӏаялъ гьезул рахъ ккун бугони. Регионалиял парламентазул лъабил бутӏаялдаса кӏигоялъ гьел къабул гьаруралдаса нахъе хиса-басиял къуваталдеги лъугьуна. Федералиябги регионалиялги парламентаз къабул гьарун хадуб хӏалтӏизе байбихьана хисабасиязул хӏакъалъулъ законалъул лъабабилеб статья (хиса-баси къуватаблъун лъугьиналъул хӏакъалъулъ бицунеб); КСалъул хӏукмуялдаса хадуб – кӏиабилеб (тӏолгороссиялъулаб пикру загьир гьабиялъул тартибалъул хӏакъалъулъ). Хӏалтӏулеб бугеб Конституциялда рекъон гуреб, КСалъ тасдикъ гьабураб хиса-басиялда рекъон гӏадамазда гьаркьал кьезари законалде рекъон кколареблъун бихьана цо-цо экспертазда. Амма КСалъ гьеб иш ритӏухъ гьабуна, щайгурелъул законалъул лъабабилеб статья хӏалтӏизе байбихьараблъун рикӏкӏаралдаса нахъе гьелъулги букӏуна юридикияб къуват ва гьелда рекъон гьабураб хӏукмуги букӏуна хӏакъикъияблъун ва ритӏухъаблъун. Гьединабго хӏукму гьабуна судияз Аслияб законалда рекъон тӏолабго Россиялда гьаркьал кьезариялда банги: халкъалъ пикру загьир гьаби Конституциялъ ритӏухъ гьабула – гьеб ккола «народовластиялъул принцип», ай конституциялъулаб гӏуцӏиялъул кӏудияб кӏваралъул аслу цӏуни.\nУлкаялъул жамгӏиятаз разилъунгутӏи загьир гьабун букӏана президентасул болжал хъвагӏаялда банги цогидал рахъаздаги. Амма Конституциялъулаб Судалъ ритӏухъ гьаруна киналниги хиса-басиял ва гьел нахъе рахъинарун бажаризе гьечӏо Инсанасул ихтиярал цӏунулеб Европаялъул судалде (ЕСПЧ) хитӏаб гьабуниги: халкъалъ къабул гьарурал хиса-басиязда рекъон, Россиялъул ихтияр буго къватӏисел улкабаз гьарурал къотӏабазулгун хӏукмабазул сан гьабичӏого чӏезе, ай гьездаса инкар гьабизе."}
{"slug": "8989-magdi-mukhiamad-kamalov-dir-vats-shamil-giisaevas-chivachio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8989-magdi-mukhiamad-kamalov-dir-vats-shamil-giisaevas-chivachio", "title": "Магьди-Мухӏамад Камалов: «Дир вац Шамил Гӏисаевас чӏвачӏо»", "date": "2020-07-15 12:25:05", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда «Коммерсант» газеталъ лъазабуна «Черновик» газеталъул бетӏергьанлъун вукӏарав Хӏажимурад Камалов чӏваялъул гӏайиб РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъ гӏунтӏизабунин ДРялъул вице-премьерлъун вукӏарав Шамил Гӏисаевасде.\nГьединалго гӏайибал гӏунтӏизарулел руго жеги лъабгоясдеги – Мурад Шугӏайбовасде, Мухӏамад Хазамовасде ва Мухӏамад Абихӏасановасде.\nДагьалъ цебегӏан судалъ Шамил Гӏисаевасда тӏад чӏезабуна Гъуниб «Орлиное гнездо» абураб хӏухьбахъиялъулаб бакӏ къачӏазе республикаялъул бюджеталдаса биччараб гӏарац бикъун букӏиналъул гӏайиб.\n«Хӏакъикъаталъе» кьолеб интервьюялда Хӏажимурадил гьитӏинав вац Магьди-Мухӏамад Камаловас бицана жив рази гьечӏин Шамил Гӏисаевасде цӏияб гӏайиб гӏунтӏизабулеб букӏиналдаса.\n— Магьди-Мухӏамад, Шамил Гӏисаевас чӏвачӏин жиндир вацилан дуца «Черновикалда» хъвараб макъалаялда гъоркь цо цӏалдолес тараб комментарий такрар гьабила дицаги. «Орхан Жемалилги Максим Шевченколги квербакъиялдалъун гьанжелъагӏан нужер газеталъ билълъанхъизабулеб букӏараб гьеб версия, гьанже рахъун хисиялъул магӏна щиб?»\n— Дица байбихьудаго абулеб букӏана Орханидаги Максимидаги гӏайибал чӏвазе гӏедегӏугеян. Амма гьезда битӏараблъун бихьун батила цо-цо цогидазул, масала, Гӏали Камаловасул пикру. Гьеб тасдикъ гьабулеб цониги далил яги хӏужа рехсолебги гьечӏо. Дица абуни лъазабуна гьеб гӏайиб жидеде гӏунтӏизабурав щивав чи Хӏажимурад чӏвараб къоялъ кив ва щиб гьабулев вукӏаравали.\nГьабщинаб заманалда жаниб хӏисаб гьабуна Хӏажимурадилгун гьоркьорлъаби хварал гӏадамазулги. Дида бичӏчӏана цӏех-рех мекъи нухдасан араблъи. Гьеб чӏвай-хъвей тӏад чӏезабурал Абихӏасановги Хазамовги, масала, руго тӏубан рагӏи данде кколарел, тушманлъиялда рукӏарал чагӏи. Хазамовасул лъади Наидаги Хӏажимурадил гӏагарай гӏадан ккола. Гӏисаевасул тӏадкъаялги гьев кӏиясго киданиги тӏуразарулароан.\nАбихӏасанов Мухӏамадица 2009 соналда талавур гьабун букӏана Гӏисаевасул база. Гьеб гьесда жиндагоги лъалаан. «Рохьилазулгун» жиндир лъикӏаб гьоркьоблъи бугинги абун, божизавун вукӏана Абихӏасановас Шамил. Амма гьеб гьедин букӏинчӏо.\nХасго гьелде щвелалде флешкаги щун букӏана Шамилихъе. Доб мехалда бизнесменазухъе, депутатазухъе, бечедал гӏадамазухъе рехулел рукӏиндалха гьел. Гьеб флешкаялдехун Абихӏасановасул хурхен букӏинги лъалаго кьелаандай Гӏисаевас гьесие гьединаб тохаб тӏадкъай – Хӏажимурад чӏвазе?\nХӏажимурадица «Черновикалда» Шамил Гӏисаев какарал макъалабиги рахъун, гьесул карьера хвезабунин, гьедин чӏванин дос Хӏажимурадилан чӏезабулеб буго цо-цояз. Гьесул хӏакъалъулъ гурони хъвачӏогойищ бугеб нижер газеталда? Гьел киназулгойищ карьера хвезабураб? Мухӏамадгӏали Мухӏамадов, Сагӏид Амиров ва цогидалги какулел рукӏанагури.\n— Гьеб ишалъулъ хас гьабун Гӏисаев щайха рехсезе лъугьарав?\n— Гьеб буго цебегоялдаса нахъе сугъулдерида жаниб баккараб дагӏба-рагӏиялда бараб жо. Гьеб кьалги байбихьана министр Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров чӏван хадуб.\nГьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жо букӏун гьечӏо Хӏажимурад чӏварал чагӏазда, дир хӏисабалда. Гьединлъидал, гьез цин хӏалбихьана гьеб иш «Черновикалъул» бетӏерай редакторлъун йикӏарай Надира Гӏисаевалдаги Соликамскиялда туснахъалда вукӏарав гьелъул росасдаги тӏаде рехизе.\nАмма хадуб жалго сугъулдерида гьоркьор дандеккунгутӏиял рукӏин лъайдал, гьеб версия чӏезе тана доз, интернеталдаса аудиоялги нахъе рацӏцӏана (Надиралгун Хӏажимурадил кӏалъай – авт.). Гьедин, сугъул лъугьана жидерго чагӏи гӏайибияллъун гьаризе.\nДица абулеб гьечӏо дол туснахъалда лъурал гӏолохъаби мунагьго гьечӏел чагӏи ругилан. Шугӏайбовасдасанги букӏана сверухъ ругезе хӏинкъи. Гӏабдулмалик Ахӏмадилов («Хӏакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь, чӏвана 2009 соналда – авт.) чӏваялъул хӏакъ Абихӏасановасда тӏад бугинги рикӏкӏуна дица. Гӏабдулмаликидаса рецӏел босизе Абихӏасановасе бокьиялъ туснахъалде ккарав чи вуго Шугӏайбов.\nГьенив гьоркьовги Гӏисаев вукӏинчӏо. Кӏалбиччанкъоялъ росдал гӏолохъабазда цебе мажгиталда Гӏабдулмаликица жинда абураб рагӏи квеш букӏун рецӏел босизе къваригӏана Абихӏасановасе.\nПалхӏасил, щиб гьабунги Гӏисаев жанив тӏамизе къваригӏун буго цо-цо чагӏазе. Амма гьесдехунги дол цояздехунги тӏадкӏалъаял ратани, чӏезабе гьезда тӏад гӏайибалги, гьабе тамихӏги. Амма жидерго хасал мурадазе гӏоло дир вацасул хвел багьанадуй ккоге!\n— Щайха Гӏисаев гьезда рихарав? Бечедав вукӏунищ?\n— Сугъулдерида тӏасан Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасухъе хъвараб цо справка букӏинчӏищ, Шамил Гӏисаевасул пишалъун рикӏкӏунеб буго гьеб росулъ (рохьилаздехун бухьен бугилан, гьединго вагьабияллъун кколилан гьабураб сугъулдерил сияхӏ – авт.).\nБичӏчӏа, дун Гӏисаев ритӏухъ гьавизе къваригӏарав чи гуро. Амма дие тӏекъаб жо бокьун гьечӏо. Гьеб справкаги гьес хъвачӏо. Нагагьлъун Сагӏид Амиров гӏадал чагӏаз гьеб хъван букӏун батани, жидерго хӏур гьабизе бегьулилан хӏинкъун, щибниги гьабуларев Гӏисаевасда тӏад чӏезабизе къваригӏун буго гьезие гьеб. Справкаялда кутакалда инжитаб куцалда хъван буго цо чиясул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал, гьесги цӏакъго хӏаракат бахъулеб буго Гӏисаевасде гьеб рехизе.\n— Сугъралъа лъабго журналист чӏвана – Хӏажи Гӏабашилов, Гӏабдулмалик Ахӏмадилов, Хӏажимурад Камалов. Гьезул щибалъулъги Шамил Гӏисаевасул цӏар рагӏулаан…\n— Гьаб ахираб ичӏабго соналда жаниб дирго щаклъи кканщинав чи кив вукӏаравали лъазабуна дица минут минуталде данде ккезабун. Масала, живго чӏвазе кӏиго сагӏат хутӏидал, Хӏажи Гӏабашилов Шамил Гӏисаевасул кабинеталъуса ун вуго кьабизабун нуцӏагун. Гьениб гьезул хъачӏаб кӏалъай ккун буго. Гьанже хӏисаб гьабеха, чӏвазе къваригӏарав чи гьединищ къватӏиве виччалев? Гуро, Гӏисаевасул букӏинчӏо гьединаб къуват. 2008 соналдаса нахъе жиндирго гӏарац бикъулев вукӏарав Абихӏасановасдацин рагӏи абичӏо гьес.\n— Хӏажимурад Гӏисаевас чӏвачӏилан дуца гьабулеб лъазаби цӏех-рехчагӏаз кин къабул гьабураб?\n— Щокъроб къараб ракьа вуго дун гьезие. Ахирги дихъ цо щибалиго батанилан (ярагъ, наркотикал – авт.) дун хӏинкъизавизе хӏалал рихьизецин бегьула гьез.\n— Гьанже рахъун щай цӏех-рехчагӏаз Гӏисаевасде гьединаб гӏайиб гӏунтӏизабураб?\n— Тӏад тургьбиги ххун, хъачагъал гӏадин Москваялде рачун инчӏищха доб мехалда хӏукуматалъул нухмалъулевги хутӏарал вакилзабиги. Ракӏалда букӏараб куцалда гьезда гӏайиб тӏадчӏезабизе бажарулеб гьечӏеб къагӏидаха. Шамил Гӏисаевасеги шартӏ хӏисабалда туснахъ бихьизабуна гьез хӏукуматалъул вакилзабаз гӏарац бикъулеб букӏин цӏех-рехчагӏазда лъазабичӏогойилан.\nГьанже цӏех-рехчагӏазда ракӏалде щун буго Гӏисаевасда сугъулдерил ццим букӏинги.\nАмма гьениб цо хӏалихьатаб пишаги хӏалтӏизабуна. Хазамов Мухӏамадил лъадуца кьуна жиндирго росасде данде баянал.\nХӏилла-макруялда ва чи чӏвазе къасд гьабиялда хурхарал гӏайибалги тӏад чӏезарун, микьго сонгун бащдабги кьун туснахъалда йикӏана гьей. Гьереси-инвалидлъи гьабизе гӏарац бакӏарун букӏун буго гьелъ гӏадамазухъа.\nКватӏичӏого судияс хӏукму хисизабуна — хӏисабалде босана гьелъул гьитӏинаб лъабго лъимер букӏин. Гьезул бищун гьитӏиналъ 18 сон байдал хал гьабизегӏан туснахъалъуса къватӏиеги йиччана.\nГьелда хадурго гьелъ кьуна росасда тӏасан гьересиял баяналги – чӏвай-хъвей ккараб сордоялъ сардилъ вачӏанила гьев рокъове, цинги хал ккун букӏанила (телевизоралдасан рицунел) цӏиял харбазда хадуб.\nХӏакъикъаталда абуни, гьеб сордоялъ лъимерги биххун, гьелда аскӏоса вагъарун гьечӏоан Мухӏамад Хазамов, гьезда цадахъ гьенив вукӏарав гьесул вацгӏалас кьурал баянал руго гьел. Амма гьенивго вукӏарав чӏужуялъул вацас абулеб буго Мухӏамад рокъов вукӏинчӏилан. Гьединал баянал кьуралъухъ гьей эркенлъуда тана. Гьебги гьелъ гьабуна жиндир росасул цоги чӏужу йикӏин лъайдал. Изоляторалда йигеб мехалда лъан буго гьелда гьеб.\nГьединго гьадаб чӏвай-хъвей ккараб параялда Шугӏайбовги «Одноклассниказда» жанив жиндирго имгӏаласухъе хъвадарулев вукӏун вуго.\nХазамов Мухӏамадихъе щай хьвадулев чи мунилан рази гьечӏого Шугӏайбовасда гаргадулев вукӏарав Абихӏасановги кин гьел кӏиялгогун цадахъ гьеб ишалде гьоркьове лъугьине кколев вукӏарав?\nАбихӏасановасда ццим бахъарал Гӏисаевазул чагӏиги руго Абихӏасановас чӏванин дур вацилан дида абулел. Амма гьел руго дир къварилъиялдаса пайда босулел чагӏи. Къваригӏун батани, жидецаго гьабе гьесие тамихӏ.\n— Хӏажимурадилги Шамилилги гьоркьорлъаби кинал рукӏарал?\n— Гьедигӏан лъикӏал рукӏинчӏо, амма тушманлъиги букӏинчӏоха гьезда гьоркьоб. Гӏисаевазул эбел унтараб мехалда тӏоцеве Хӏажимурад ана гьелъие би кьезе. Амма гьелъухъ-долъухъ балагьичӏого, «Немецкая деревня» проекталъе гӏоло Шамилие гӏезегӏан бадирчӏваял гьаруна «Черновикалъ». Гьелдаса лъабго сон индал чӏвана Хӏажимурад. Чӏвазе къваригӏараб мехалда гьелщинал соназищ балагьун чӏолел? Дица бегана чанго соналъул подшивка. Амма чи чӏвазе тӏамулел гӏадал макъалаби гьенир ратичӏо.\nТӏоцебего дир щаклъи ккарав чи Шамил Гӏисаев гурев, Сагӏид Амиров вукӏана. Амма гьесдехунги кинабгӏаги бухьен батичӏо дида."}
{"slug": "8990-turtsiyal-ul-magiarulazul-g-asda-nak-ital", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8990-turtsiyal-ul-magiarulazul-g-asda-nak-ital", "title": "Турциялъул магӏарулазул гъасда накъитал", "date": "2020-07-15 12:40:17", "categories": ["obshestvo"], "text": "(Цебесеб 25-аб. номералда)\n«Гьечӏо дунялалда Кавказалъулгӏан берцинал гӏадамал. Нагагь ратани, гьелги нилъераздаса лъугьарал наслаби ратила». Гьадинал пикрабалъ йикӏана дун Турциялъул тахшагьаралда, дир гьудулзабазул рокъоре ракӏарарал магӏарулазул наслуялъухъги балагьун. Аваданал, чӏурканал, рагьарал гьурмазул, тарихияб ватӏан биларал нилъер миллатцоял!\nГьеб къоялъ ракӏалде щвана, церегӏанго соназ, рикӏкӏадаб магӏарул росулъ дицаго бараб гьоболлъи. Нилъехъе гьобол ячӏун йигин абун рукъалъул бетӏергьабаз гӏага-божаразухъе битӏулеб ругьел, дир хӏурматалда данделъарал руччабигун ясал, гьезул аваданлъи, хӏурмат.\nГӏажаиблъи, Дагъистаналдагицин лъугӏун унеб гьеб гӏадат, гӏасраби свераниги жеги цӏунун буго, чияр ракьалда гӏолел аваразул наслабазулъ. Нилъеда бичӏчӏизе захӏматаб гӏажаибаб хӏасрат, хӏурмат буго гьезул Дагъистаналдехун, чӏухӏигун цӏунун буго гьез ракӏазулъ умумузул ракьалде рокьи, рикӏкӏунебги буго жал магӏарулал ругин.\n(Гьанир цӏидасанги ракӏалде щвезарила дун рещтӏараб рукъалъул хважаинзаби: Яшар — Анкараялда бугеб дагъистаниязул жамгӏияб гӏуцӏиялъул цевехъан, Турциялда ругел дагъистаниязул бухьен щулалъизабиялъе хӏаракат бахъулев, Ингишосагун Гӏандиса умумузул вас. Асият- гьесул лъади, Бакуялъул университеталда филологиялъул лъайги босун, гьенибго гӏелмияб хӏалтӏи цӏунарай Къабакъчолиса магӏарулай. Нилъер гӏемерисезда гьей лъала мацӏазул гӏалимчӏужу Асият Тӏинаева хӏисабалда).\nЯшарил авалалда данделъаразул батӏа-батӏаго бицун хӏалкӏвеларо. Гьезда гьоркьоса бищунго цӏикӏкӏараб ригьалъул, Оксфордалъул университет лъугӏарай, гӏумруго мугӏалимлъиялда арай, лъабкъоялда анцӏилъе яхуней Шукран-адал бицен гьабун тела гьаб нухалъ.\nЖамгӏиял гьиназги гьаруна гӏагар\nШукранилгун дир лъай-хъвай ккана 6-7 соналъ цебе Фейсбукалдасан. «Мун Патӏимат югищ? Дун Шукран югу. Дир эбелги магӏарулай, Патӏимат юкӏана» — бек-бекараб магӏарул мацӏалда ригь арай гӏаданалъул, цебеккун лъалареб букӏараб гьаракь рагӏана телефоналъуб. Щокъроб магӏу къараб гӏадин, хӏалкъан кӏалъалаан тӏоцее дида гьей. Хадурккун ниж латиналъул хӏарпал хӏалтӏизарун хъвадарулаан цоцазухъе. Анкьида жаниб цо нухалъниги ахӏунги бачӏунаан «Патӏимат, бегьулищ дун кӏалъазе духъе мех-мехалъ? Дир ракӏалъе лъикӏ буго мунгун кӏалъалаго», — янги абулаго.\nКъойилго гӏадин мессенджералдасан кӏалъалаан гьей дихъе. Бицунаан жиндирго кӏудияй эбелалъул, имгӏалзабазул, Дагъистаналдехун гьезул букӏараб хӏасраталъул, Турциялда щущан бугеб гӏагарлъиялъул. Амма гьелда лъалеб гьечӏоан эбел Патӏиматил умумул Дагъистаналъул щиб росулъа рукӏаралали. «Дир эбелалъул эбел Шугӏайнатица абулаан Шамил имамасул тухумалъулгун жидер гӏагарлъи букӏанилан. Кӏодоэбелалъул гьеб бицен гьитӏинаб мехалдаса нахъе кӏоченчӏо дида. Магӏарул мацӏги дида кӏудияй эбелалдасан лъана. Эбелалъул вацаз рокъоб турк мацӏ бицине толароан нижеда. Амма дир лъималазда лъаларо нилъер мацӏ».\nШукраница бицана эмен ва рос туркал рукӏанилан. Амма гьелъ жийго магӏарулайлъун рикӏкӏуней йиго.\n«Дургун лъай-хъвай ккаралдаса нахъе гӏемерал магӏарул рагӏаби ракӏалде щвана, саламатго кӏалъазе бажарулеб буго», — ян абулаан гьелъ дида. Дагъистан бихьизе ячӏаян гьоболлъухъ ахӏулей йикӏана дица гьей. Гьеб мехалъ Шукраница бицана жиндир захӏматаб унти бугин, мадар лъугьани ячӏинин.\n«Мун цо эбелалъ гьаюрайгӏанги дир эбелалда релълъарай йиго, нилъер гӏагарлъи батичӏого рес гьечӏо. Чӏаго эбел йихьарай гӏадин йоххила дун мун йихьани», — ян абулаан шакърахунаго Шукраница. Гӏажаибаб хӏасрат букӏана гьелъул дун йихьизе. Хехго эбелалъул ками лъарай, хӏурматияб ригьалде рахарал гӏадамал къиматай диеги къойил рагӏулеб гьелъул гьаракь гӏагараблъун лъугьана. Нагагь дица жаваб кьечӏони, хъван битӏун батулаан: «Дир яс, мун кин юго? Лъикӏ юги? Дур ургъел буго дие, цо кӏалъай», — абун. Нилъеда баян кьун бажарулареб хинлъиялъ гӏагар гьарула нилъ гӏумруялда лъикӏал гӏадамалгун. Гьеб Аллагьасул хӏикмат батила. Шукранил ва цогидал гьудулзабазул ахӏиги къабул гьабун бухьараб сапарги букӏана гьеб.\nАнкараялъул бакьулъ\nаваразул годекӏан\nСордоялъ нухдаги рукӏун свакан ругониги, Анкараялде щвараб къоялъго ана ниж Шукранихъе. Гӏемераб мехалъ цоцахъ урхъарал эбел-ясалъул гӏадаб, рохелги магӏуги жубараб, кӏочонареб дандчӏвай букӏана гьеб. «Патӏимат, жакъа къо щвезегӏан дир лъабго яс йикӏана, жакъаялдаса нахъе ункъо ясалъул эбел йиго дун. Мун дир бищун кӏудияй яслъун лъазаюлей йиго дица. Турциялда гӏадат буго лъимал гьарураб мехалъ гӏагарлъиялъ гьезие месед сайгъат гьабулеб», — инги абун, жиндирго гарбидаса бахъун меседил рахас бана Шукраница дида. – Дирго ясаз гьаюраб къоялде сайгъатлъун кьун букӏана гьаб, дица бищунго кӏудияй дуе кьела.\nАмма цо гӏунгутӏи букӏана Шукран-адал рокъоб нижер дандчӏваялъул — авар мацӏ чиярал цӏиял яцазда бичӏчӏулеб мацӏ бицине дидаго лъангутӏи.\nАнкараялда рогьараб кӏиабилеб къоялъ Асиятил гъасда цӏакъ ракӏ гъураб горсвери лъугьана нижер.\n— Аваразул бихьинал, кир гӏуниги, къапарал рукӏунел ратила. Амма Дагъистаналда ва Азербайжаналда ругезда данде ккуни, Турциялда гӏурал магӏарул васал руччабазе хӏурматалъе цӏакъалха ругел, — ин абуна, елъулаго росас хӏадурарал кванил нигӏматалги остолалда тӏиритӏулаго Асиятица. — Дир махсаро гуро, Патӏимат, Яшар цӏакъав вуго квен гьабизе. Гьалбал цӏикӏкӏун ругони, гьес кидаго кумек гьабула дие.\nЖалго цоцазда рихьиялдаса рохел, цохӏо шагьаралда гӏумру гьабун ругониги, цереккун лъаларезулгун цӏиял лъай-хъваял ккеялдаса разилъи загьир гьабулеб букӏана данделъараз. Байбихьуда лъарас лъараб бицун магӏарул мацӏалъ кӏалъалел рукӏана, хадуб хабар чваххана гьезие ругьунаб турк мацӏалда. «Дагъистан, имам Шамил, Муш, Ялова Гуней, Мараш». Гьал рагӏаби такрарлъиялъ бичӏчӏулеб букӏана гьезул щивас Дагъистаналдаса гочун рачӏарал жидерго умумузул, гьез чӏей гьабурал вилаятазул бицунеб букӏин. Гьениб дида ракӏалде щвана Яловаялда, Барласил рокъоб Жагьидица бицараб гьединабго ахӏвал-хӏал: «Цо чанго соналъ цеве Гъизилюрталде щун вукӏана дун. Дие салам кьезе рачӏарал нилъерго гӏолохъаби рукӏана данделъун. Бицунеб мацӏги нилъерго букӏинарищха. Цо заманалдаса дида бичӏчӏулареб гӏурус мацӏ хъуризе лъугьана киналго. «Ле, гӏолохъаби, дунгиха гьанив вугев, дие нужер гӏурус мацӏ къваригӏун гьечӏоха, ле!» Гьеб мехалъ рекӏеда ратун, цӏидасан нилъерабго бицине журана. Гьедин билун унеб буго мацӏ гьанибги добаги батӏалъи гьечӏого».\nЖагьидица гӏадин кьваризабичӏониги, Асиятицаги недегьго рекӏеда ратизарулаан жиндирго гьалбал мех-мехалъ.\nХӏалицаго йилълъанхъулей Шукран-ада кӏиабилеб къоялъги йихьизе дир хьул букӏинчӏо.\n— Гьале, Патӏимат, дур цоги яц, — инги абун, тӏоцебесеб къоялъ дида йихьичӏей жиндирго кӏудияй ясалъулгун дир лъай-хъвай гьабулаго, Шукран-адаца абуна:\n— Гьай цӏакъ рикӏкӏадаса ячӏун йиго дуда къочизе. Мунги жеги рикӏкӏадаб нухги тун ячӏун йигелъул дихъе.\nГьелъ киназдаго бицунеб букӏана сон лъазабунин дица Патӏимат дир кӏудияй яс йигин. Гьалъул эбелги рукъги Анкараялдаги бугин гьанжейилан.\n-Жакъа магӏарулал данделъараб къо — дун цӏакъ йоххараб къо буго. Дур баракаталъ ракӏарана ниж. Гьадинал дандчӏваял Анкараялда гӏемер рукӏунароан цере, — ян абуна, горсвери буцӏцӏун гӏодор чӏедал, Шукран-адаца. — Дида бицен рагӏун букӏана Яшарица гьаниб кавказалъулазулгун бухьен щулалъиялъе гӏемер хӏаракат бахъулеб бугилан. Дир ракӏ рекъана гьев васасда. Цӏикӏкӏарал цереса индал, рикӏкӏалъулел руго нилъ. Дир гӏелалдагицин дагь-дагьккун кӏочонеб буго магӏарул мацӏ. Кӏалъазе чи щоларогогиха гьеб кӏочонеб бугеб. Гьанир нижер умумул хвана гӏащикъго Дагъистаналъулги бицунаго. Гьитӏинаб мехалъ нижеда цо хӏикматаб маргьудал улкалъун цебечӏолаан Дагъистан. Нижер гӏолохъанлъиялъул заманги захӏматаб букӏана, умумузул ракьалъулгун бухьен гьабизе нагагьги чиясе рес букӏинчӏо. Гьанже гӏорхъаби рагьун руго, интернеталъулги кӏудияб кумек буго, лъалеб буго Дагъистаналда бугеб ахӏал-хӏал. Рачӏине рес ккечӏониги, умумузул ракьалъул суратал, видео бихьизе рес буго. Гьединго, дагъистанияздаги лъалеб буго жидер би жубарал наслаби Турциялда рукӏин.\nЦидулгун гени кванаге\n— Шукран-ада, гьанир ругел дагъистаниязде щиб бербалагьи букӏунеб турказул? — ин гьикъана дица гьелда.\n— Цогидал миллатазда дандеккун, нилъ гьазие рокьула, хӏурмат гьабула. Гьазие курдал рокьуларо. Гьазда лъала Кавказалъул халкъа\nзул ракӏазулъ къвакӏи, пахрулъи букӏунеблъи, хӏалихьатаб ишалда гьоркьоре нилъ лъугьунареблъи. Курдал цӏакъ гӏемерлъун руго гьанир, хӏалихьатаб жо гӏемер гьабула гьез.\n— Патӏимат, дир яс, дуе суал кьезе бегьилищ? — ин абуна Шукран-адаца жиндирго жавабги гьоркьоб къотӏизабун. — Гӏурусаз къварид гьарулел ругищ дагъистаниял? Нужее хӏалтӏи, гӏумру-яшавалъе гӏураб мухь кьолищ гьез?\nКин жаваб гьабилебали лъаларого хутӏана дун байбихьуда. Нилъ гӏурусазул лагълъуда ругеб гӏадаб пикру дандчӏвана гьениб чангоязул. Хӏухьелккун дир жавабалъухъ балагьун рукӏана киналго данделъарал. Гӏурусазул кверщаликь гьечӏинги кин дагӏба балеб, ругинги кин тасдикъ гьабилеб?\n— Хӏалтӏуларев кивго кваналарелъул, Шукран-ада, лъикӏ цӏаларав, кӏвахӏ тун магӏишат гьабурав чиясул яшав гӏемерго лъикӏ буго Дагъистаналда. Кваникъав, ратӏликъав, рукъзал гьечӏого къватӏив хутӏарав чиги вугин абизе кӏоларо. Нилъер гӏадамал цоцазе кумекалъе цӏакъал руго. Магӏарухъги росаби цӏилъулел руго, дин гьабизе, бокьараб лъай босизе квалквал гьечӏо, миллиял мацӏал цӏунун руго.\n— Кин бугониги, Россия къуватаб улка буго. Бицунеб жоялъухъ балагьун гьев Путин рекӏее гӏуна дие. Рагӏуда данде ккараб гӏамал гьабулеб батаниха.\nТурция Россиягун ракълида букӏин бугоан Шукранил мурад. Гьелъие рекӏее гӏолеб гьечӏоан Америкаялъул политика.\n— Мунагьал чураяй дир кӏодоэбелалъ абулаан «Цидулгун гени кванаге, генул магъ щокъроб къала», — ян. Ци гӏадаб Америкагун рекъон хӏалтӏулеб бугони, чанги ракьа щокъроб къазе буго Турциялдаги.\nКъо рукӏкӏунеб гӏужалъ биххана нижер годекӏан. Гьенир жидерго гьитӏичалгун рукӏана гӏолохъанал улбул, гӏумрудул завалалде рахарал руччаби, магӏарулазулгун би жубарал гъалгъаял, асатӏинал, кабардинал. Ниж ратӏалъулел рукӏана разиго, цӏидасан рихьизе къотӏи-къайги гьабулаго."}
{"slug": "8991-tokhturzabi-rukialide-rachiinaruleb-tsentr", "url": "https://hakikat.info/?nationals=8991-tokhturzabi-rukialide-rachiinaruleb-tsentr", "title": "Тохтурзаби рукӏалиде рачӏинарулеб центр", "date": "2020-07-15 12:51:00", "categories": ["med"], "text": "Каспи ралъдал рагӏалда бугеб «Журавли» абураб гӏелмиябгун сахлъи цӏуниялъул комплексалда рагьана пандемиялъул заманалда бищун унти цӏикӏкӏарал бакӏазда хӏалтӏарал тохтурзабазе реабилитация гьабулеб центр. Чӏобого 500 чи къабул гьавизе вуго гьенив.\n7 июлалда центр рагьулеб къоялъ гьенире рачӏун рукӏана республикаялъул хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьер Анатолий Карибовги, сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовги, цогидалги.\nРеабилитациялъул централъ тӏоцере тӏаде къабул гьарурал тохтурзабазе баркалаялъул калам гьабуна А. Карибовас.\n«Бищун захӏматаб заманалда, рухӏалда барахщичӏого, нуж рукӏана унтул кор боркьараб бакӏалда гъеж гурун хӏалтӏулел. Гьеб кӏудияб бахӏарчилъи буго хӏакъикъаталдаги. Бокьараб лахӏзаталда гӏумруялъе зарал ккезе букӏинги лъалаго, нуж нахъе къай гьечӏого хӏалтӏана. Баркала киназего», — ян абуна Карибовас.\nГьес, гьединго, кӏудияб баркала загьир гьабуна «Журавли» комплексалъул бетӏергьан Мухӏамад Мухӏамадовасеги.\nГьединаб центр рагьизе ракӏалде ккараб куцалъул ва гьенир тохтурзабазе гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес «Хӏакъикъаталъе»:\n«Битӏун бицани, гьединаб центр рагьизе ниж гьесизарурай гӏадан ккана эбел. Жийгоги 45 соналъ медсестралъун хӏалтӏулей йикӏарай гьелда лъидасаго цӏакъ бичӏчӏана пандемиялъул заманалда гӏадамазе бугеб захӏмалъи. Унтуца рецун ралел гӏадамазул хӏакъикъат лъарабго гьелда чӏун букӏараб къо. «Кин йигей, эбел, мун, щиб кумек дуе гьабилеб?» — ан нижеца, лъималаз гьикъидал, гьелъ кидаго абулаан: «Дие щибниги гьабичӏониги кӏваричӏо, холел ругел гӏадамазе гьабе кумек», — илан.\nЩибаб нухалъ гьедин эбелалъ абидал: «Валлагь гьабилаха, эбел, щай гьабулареб», — абун ургъана дун ва дандбана гӏагарлъиялда, гьудулзабазда. Гьез киназго рахъ ккведал, рагьана нижеца гьаб центрги.\nЭбелалда нижеца жибго центр рагьизегӏан гьеб хӏадурулеб бугилан бицун букӏинчӏо. Сон-церекъад бицана гьелда гьелъул хӏакъалъулъ. Гьей йохараб куц щибха! Битӏараб бицани, нужеца гьеб гӏадахъ босиларилан хӏинкъун, жийго гьесунцин йикӏанин нужеда гьединаб бакӏ щай рагьуларебилан абизе. Нужго рекӏеда ратун ругин гьелъиейинги абун, гӏурхъи букӏинчӏо гьелъул рохалие», — ян бицана Мухӏамадица.\nРеабилитациялъул централде къабул гьарулел руго цохӏо республикаялдаса гурелги, Россиялъул шагьаразда пандемиялъул заманалда хӏалтӏулел рукӏарал тохтурзабиги.\nЦо сменаялда 60 чи гурони къабул гьавизе рес букӏунеб гьечӏо. Амма щивго нахъчӏвазеги гьечӏин абуна Мухӏамадица.\nГьедин цохӏо тохтурзаби гурелги къабул гьарулел руго гьез, мисалалъе, пандемиялъул заманалда унтул хӏакъикъат лъазабурал чагӏи, хӏатта журналисталгицин."}
{"slug": "9027-dur-batsitsial-igo-shchib-kh-akhiilab-kaspij", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9027-dur-batsitsial-igo-shchib-kh-akhiilab-kaspij", "title": "Дур «бацӏцӏалъиго» щиб, хъахӏилаб Каспий?", "date": "2020-07-20 08:14:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Экологазул гьаракь лъиданиги рагӏулеб гьечӏо\nКаспий ралъдалъе щибаб соналъ чвахулеб чорокаб лъел къадар хӏаталдаса ун гӏемерлъун бугин ахӏи бахъинабуна гьал къоязда РФялъул «Росприроднадзоралъул» нухмалъулей Светлана Родионовалъ. Санайил 850 миллион кубометр чорокаб лъел чвахулеб буго ралъдалъе. Гьелда гьоркьоса 80 миллион кубометр лъел ккола бацӏцӏад гьабичӏеб. Хутӏараб — рагӏа-ракьанде щун бацӏцӏалъичӏеб.\nРалъад соналдаса соналде чороклъулеб букӏиналъул баян гьабун, Светлана Родионовалъ кагътал хъван руго СКФОялда вугев президентасул вакил Юрий Чайкахъеги, РФялъул ралел бакӏазулгун ЖКХялъул министр Владимир Якушевасухъеги ва ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасухъеги.\n«Каспий ралъдал лъим чороклъулеб букӏин, ДРялъул экологиял гӏунгутӏабазда гьоркьоб аслияб бакӏ кколеб балагьлъун буго. Бищун гӏемер гьеб чорок гьабулеб буго ЖКХялъул объектаз, щайгурелъул, ралъдал рагӏалда ран ругел гӏемертӏалаял минабазул гӏемерисезда хӏажатханалъул хъублъи чвахулел рогӏралги, чорокаб лъим жанисан унел рахъалги гьезецин гьечӏо, ругелги руго заман баялъ басралъарал, церего хисизе мех щварал», — ин хъван буго «Росприроднадзоралъул» нухмалъулелъ хъвараб кагътида.\nТӏаса бахъизе я тӏаде жубазе калам гьечӏеб хӏакъикъат бугин С. Родионовалъ борхараб суалин бицана «Хӏакъикъаталъе» Махӏачхъалаялдаса эколог Мухӏамад Шихшабековас.\n— Каспий ралъдал чорокаб лъим унтараб, ссудулеб ругъунлъун лъугьаралдаса чанго сон буго. Щибаб соналъ борхула гьеб суал, амма кагътидаса гӏумруялде бахъунеб гьечӏо. Чан нухалъ нижеца ахӏи бахъинабураб Каспий ралъдалъе чвахулеб хъублъи къотӏизабейин, ралъад чороклъиялда цадахъ тӏиритӏулел унтабиги гӏемерлъулел ругин абун. Щибго хӏасил кколеб гьечӏо. Жакъа хӏукуматалда цебе хӏалтӏулеб буго экологиялъул жаваб кьолеб идараги, гьелъул нухмалъулевги, хӏалтӏухъабиги. Амма лъиенигийищха ургъел кколареб нилъеда сверухъ бугеб тӏабигӏат чороклъулеб букӏиналъул?! Ургъел бугеб батани, щайха нухал ратуларел, шартӏал гӏуцӏуларел экология хвасар гьабизе? Гьаваги, лъимги, ракьги чара гьечӏого хӏажатаб, тӏабигӏияб нигӏмат ккола инсанасул гӏумру чӏаго букӏине, — ян бицана эколог М. Шихшабековас.\nГьал къоязда информалатаз къватӏибе кьуна, республикаялъул «Роспотребнадзоралъул» хъулухъалъ изну кьуни, Каспийскиялъул пляжалда гӏадамал чвердезеян. Цебеккун гьебго идараялъ гьукъа-къаял лъазарун рукӏана гӏадамазе гьениб чвердезе. Гӏилла – добго, ай ралъад чорокго букӏин. Гьанже гьукъа-къаял нахъе нахъе рахъулаго, «Роспотребнадзоралъ» мухӏкан гьабичӏо ралъдалъ ругел заралиял жалазул къадар, гӏадамал чвердезе бегьулеб хӏалалдаса цӏикӏкӏунищ ругел яги дагьищ ругелила.\nКаспий ралъдалъ чвердезе бегьуларин абураб ахӏи бахъинабула щибаб санайил «Роспотребнадзоралъ», амма гӏадамал чвердечӏого цониги соналъги чӏоларо. Дагьаб цебегӏанги, полициялъул хӏалтӏухъабаз нахъе гъолел чвердезе бокьаразул къукъа бихьидал, ракӏалде ккун букӏана, исана жидерго мурадал рагӏалде рахъинаричӏого тезе ракӏалда бихьуларин «Роспотребнадзоралдаян». Амма, щаяли, какичури хехго биххана гьезул.\nГьаб анкьалда Каспий ралъдалъ чвердезе унезде хитӏаб гьабуна республикаялъул муфтияталъул председатель Шамил Гӏалихановасги. Гьес бицана халкъалъул гӏарзал цӏикӏкӏунел ругин чвердезе рачӏунезул тӏадагьаб ретӏа-къаялда хурхун. Нилъехъе рачӏунел гьалбадерида цере нилъго намуслъизаричӏого гьари бугин, ралъдахъе чвердезе унаго, цӏакъго тӏаса борчӏараб хӏалалда рукӏунгейин кӏалъана Ш. Гӏалиханов."}
{"slug": "9028-rekiel-rug-nal-l-urab-makruyab-unti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9028-rekiel-rug-nal-l-urab-makruyab-unti", "title": "Рекӏелъ ругънал лъураб макруяб унти", "date": "2020-07-20 08:35:42", "categories": ["med"], "text": "Хӏажие их цӏакъ бокьула. Кидаго гӏадин, исанаги хӏалакун вукӏана гьев, ихдада дандчӏвай гьабизе. Тӏабигӏат цӏилъиялдаго цадахъ цӏилъула гьесул пикрабиги, ихалъ санайил цадахъ бачӏуна тохтурасул хӏалтӏизе бугеб шавкъалда куркьбал гъолеб цо балъгояб къуватги. Амма Хӏажида жеги лъалеб букӏинчӏо ихалъ исана щубалъул бакӏалда саву бачӏине бугеблъи. Ва гьеб савуялъ кватӏичӏого гӏумру чӏурхӏизе хӏаракат бахъизе букӏин.\nКъвалакь хвелгун щвараб\nихдалил бакънал\nВа гьале доб рекӏелъ ругънал лъураб ихдалил байбихьи. Апрелалъул байбихьуда коронавирусалъ гьабураб гучаб гьужумалъ рихха-хочизаруна ихалъухъ чӏалгӏарал тохтурасул пикраби. Ургъизе заман букӏинчӏо — къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел унтаразул угьи-зигараги, жал хвасар гьарейилан ахӏи балеб гьезул гьариги, ихдалил пашманал сариналги – гьеб кинабго тӏухьилъун бегун букӏана тохтурасул пикрабазулъ. Унтуе къуркьизе, гьелъукьа къезе заман букӏинчӏо. Гьасде кӏудияб хьулгун балагьун чӏун букӏана савуялъ хъахӏ гьабураб гӏумру.\nХӏажи Идрисов хӏалтӏулев вуго республикаялъул урологиялъулаб централъул анестизиологиялъул ва реанимациялъул отделалъул заведующийлъун. Тахшаралъул киналго больницабаздего гӏадин, урологиялъулаб централъги апрелалъул байбихьудасанго къабул гьаруна унтарал. Гьенир рукӏарал унтарал цогидал хас гьарун гьезие рихьизарурал батӏи-батӏиял больницабазул отделениязде рикьана.\nРекӏелъ гъваридаб пашманлъигун бицана дие гьеб къоялъги Хӏажица дол къоязул къварилъиялъул хӏакъалъулъ. Гьевги вихьизе гьесулгун лъай-хъвайги гьабизе дун щвана урологиялъулаб централде.\nЛъала ва бичӏчӏула ихалъеги бигьаго букӏинчӏеблъи, цадахъ вахӏшияб унтигун бачӏине. Гьеб бачӏана гӏодилаго, жиндирго хӏайранал саринал бакӏаб магӏуялъги хисулаго. Щибаб къоялъул гьоркьоса къотӏиго гьечӏел къваридал лахӏзатал жакъа цереса унел гьечӏо тохтурасда. Кидаха цебеса инеб жидер гӏумру хвасар гьабеян ахӏи балел унтаразул сипат. Гьел рукӏана Хӏажи Идрисовасул гӏумруялъулги хӏалтӏулги бищунго захӏматал къоял. Тӏоцересел къояз гӏолел рукӏинчӏо больницаялда кислородалъул аппаратал. Цо-цо унтараз гьел, жидедасаго захӏматал рихьидал, жидедасагоги рахъун, гьезухъе кьолел рукӏана. Цо-цоязин абуни, цӏакъго цӏакъ унтуца хӏал гьабидал, цогидаздасаги рахъун, жидехъего тӏалаб гьабулел рукӏана. Хӏисаб гьабеха – кинаб хӏал букӏун батилеб тохтурзабазул. Щивав унтарасе бицине кколеб гьесие данде кколеб мацӏги, бицунелъухъ гӏенеккизе сабру тӏагӏарал унтаралги, унтаразул зигараялъ лъолел ругъналги…\nАмма цо кинабалиго бигьалъи бачӏунеб букӏана Хӏажил рекӏелъе унтаразул цоцаздехун бугеб адаб бихьидалги, гьезул гӏага-божараз гьабулеб кумекалъ хӏайран гьавидалги, кумекалъулаб квер бегьизе хӏадур ругел дагъистаниял рихьидалги.\nНилъер гӏадамазул сахаватлъиялъул бицунаго, гьес ракӏалдещвезаруна «Инсан» фондалъ Рамазан моцӏалъ жидее, ай тохтурзабазе, кӏалбиччаялъе чӏезарун рукӏарал шартӏалги. Моцӏаца рокъоре ине рес ккечӏел тохтурзабазе гьеб букӏана кӏудияб кумек.\nУнтаразде унти бищунго тӏаде къалеб рогьалил гӏужалъ, Хӏажил ракӏ гӏеккезе лъугьунаан – гьесда лъалаан унтараз гьаб нухалдаги жал хвасар гьарейилан хвалил квачӏалъукьайилан гьаризе букӏин. Ккун гъежгун, чӏезавулаан гьез тохтур. Биунеб ракӏгун валагьулаан гьев унтаразухъ гьел минутаз. Гьединаб букӏана гьел къояз щивав тохтурасулги унтаразулги кьогӏаб къиса.\nДагь-дагьккун рукӏалиде бачӏине лъугьана ахӏвал-хӏал. Унтарал сах гьариялъе шартӏалги чӏезурана, гьеб макруяб унти кин сах гьабилебали хадурги гъуна. Ккана гӏемерал камиялги. Бугониги, гьаб нухалдаги гӏумру бергьана. Централда хваралги цересаго унел гьечӏо Хӏажида. Унтун рокъов вугеб заманалдаги, гьев живго ругьунлъараб рогьалилъ ворчӏулаан ва вихха-хочун тӏаде вахъунаан. Гьесда бичӏчӏулебцин букӏинчӏо жив рокъов вукӏин. Исана мединститут лъугӏарав васги вукӏана Хӏажи Идрисовасул батӏи- батӏиял больницабазда волонтерлъи гьабулевги гьелдаго цадахъ унтарал сах гьарулевги. Гьелъги ракӏ бохизабула Хӏажил-хъахӏаб халгӏаталъе ритӏухъавлъун вукӏине вугев ирсилав гӏун вачӏунев вукӏиналъ. Гьеб ритӏухълъиги гьес ритӏухъ гьабуна тохтурлъиялде тӏамурал тӏоцересел галабаз.\nХӏажи Идрисовасулги гьесул отделениялъул тохтурзабиги мустахӏикъал руго бищунго тӏедегӏанаб рецц-бакъалъе, амма гьелъукьаги нечолев вукӏана Хӏажи. Гьебги ккола тохтурасул гӏадатлъи – кигӏанги тӏадегӏанлъиялда вугев жив гӏодовегӏан вихьи. Россиялъул президентасул указалдалъун Хӏажи Идрисовасе Н. Пироговасул орден.\nБокьулеб хӏалтӏуе кьурал сонал\nХӏажи Идрисов ккола Цӏумада районалъул Гьигьалъ росулъа. Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, мединституталде. Гьебги лъугӏизабун, Хӏажи ана Пермалде. Гьесие цӏакъ битӏккана Россиялда хӏалтӏизе иналъ. Гӏолохъанав хирургасе щвана кӏудияб хӏалбихьи.\n1988 соналда тӏадвуссана гӏагараб Дагъистаналде. Хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул клиникияб больницаялде (Централияб больницаялде). Гьелдаго цадахъ хӏалтӏана санавиациялдаги. Гӏемер щвезе ккана республикаялъул шагьаразде ва росабалъе, захӏматго унтарал хвасар гьаризе.\n1993 соналда республикаялда рагьана урологиялъулб центр ва Хӏажиги ана гьенив хӏалтӏизе. Цо соналдасан гьениб рагьана реанимациялъул отделениеги. Ва гьелдаса нахъе Хӏажи Идрисовас нухмалъи гьабулеб буго гьелъие. Гьенибго буго операциял гьарулеб ункъо блокги. Лъеберго хӏалтӏухъанги вуго гьенив. Гьезда гьоркьов вуго анкьго тохтурги.\nХӏажи ккола тӏадегӏанаб категориялъул тохтурги. Буго гьесул Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул отличник абураб цӏарги. Амма гьеб киналъулго тӏогьиб байрахълъун парпалеб буго тохтурас хвасар гьабураб нус-нус гӏумруялъул баркала."}
{"slug": "9029-khialitsa-rakh-ulel-sajg-atal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9029-khialitsa-rakh-ulel-sajg-atal", "title": "Хӏалица рахъулел «сайгъатал»", "date": "2020-07-20 08:43:10", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Исана цӏалул сон гӏадатияб гуреб къагӏидаялда лъугӏаралъул, ракӏалде кколаан цӏалдохъабаздаги учительзабаздаги гьоркьор налъабиги рукӏинарин. Ахираб кӏиго-лъабго моцӏида жаниб школалде цӏалдохъаби хьвадулел рукӏинчӏелъул, партабиги хъарсун ратиларин, «выпускной вечер» гьабизе рес букӏинчӏелъул, эбел-инсул чванта чӏехьечӏого хутӏун батилин ракӏалде кколаан. Байбихьул классал яги школа лъугӏарал цӏалдохъабазул эбел-инсухъа «рекӏее бокьун» сайгъатал гьаризеги гӏарац бакӏарулеб гӏадат исанагӏаги кӏочон телин хьул букӏана.\nАмма унти-балагь тӏаса инегӏанцин чӏечӏого, цо-цо школазул учительзабаз байбихьана кабинетал къачӏазе гӏарац бакӏаризе. Гьанже телефоназдасан гӏарац рехун тӏубазе бигьаго бугелъул гьеб суалги. Ункъабилел, ичӏабилел ва 11-абилел классазул цӏалдохъабазул учительзабазги «баркала кьезе» кколелщиназул сияхӏал рехула классалъул цӏалул бицунел Вотсапалъул къокъабазде. Щивасе кьолеб «баркалаялъулги» жидерго чӏезабураб багьа букӏуна. «Баркала» загьир гьабизе бокьичӏездаги ракӏалде щвезабула хадубккунги гьезул лъимал школазде хьвадизе рукӏин. Школалъул хӏажалъабазеян абун гӏарац бакӏаризе лъугьарал учительзабазда ракӏалде щолародай гьеб иш законалъ гьукъараб букӏин? Гьелъухъ кинаб тамихӏ бихьизабун бугебали лъалародай? Гьелдаса рорчӏаниги Аллагьасул диваналдаса жал рорчӏизе бакӏ гьечӏеблъиялде кантӏулародай?!\nЛъимал цӏализари учузаб иш гуро\nШколазда гӏарац бакӏариялъул бицун редакциялде кӏалъан ячӏана ункъабилеб ва ичӏабилеб классал лъугӏарал цӏалдохъабазул эбел Гӏайшат. Гьелъие бокьичӏо жиндирго лъимал цӏалулеб школалъул номер яги директорасул цӏар рехсезеги.\n— Нижеда цӏалул лъагӏалил байбихьудаго лъазабун букӏана выпускной классалъ лъималазе ихтилат-кепги гьабизе, сураталги рахъизе ва школалъе «баркалаги кьезе» 6000-7000 гъурущ бакӏарулин абун. Директорасе «сайгъаталъе» бихьизабураб багьа – ункъабилеб классалъул цӏалдохъабазухъа — 10000 гъурущ, завучасе – 5000 гъурущ, классалъе нухмалъулесе – 5000 гъурущ, цогидал предметазул учительзабазул цо-цоясе — 2000 гъурущ. Гьебги кьезе кколаан тӏубараб классалъго гӏарацги бакӏарун. Ункъабилел классалин абуни цо школалда анцӏгогӏаги рукӏине рес буго. Ичӏабилеб ва 11-абилеб классазул цӏалдохъабазеян абуни школа лъугӏи дагьабги хираго чӏола.\nНижер классалда ресукъал хъизамаздаса лъимал цӏалулел рукӏинги хӏисабалде босун, гӏарац дагь- дагьккун бакӏаризе хӏукму гьабун букӏана. Учителасе сайгъатал, лъималазе байрамал, хъаравуласе, уборщицаялъе мухь кьезеян абун гӏарацги бакӏарулаан нижехъа. Рикӏкӏадаса лъай кьеялъул къагӏида хӏалтӏизабулелъул ракӏалдего кколароан классалда ремонт гьабизеги нижехъа гӏарац бакӏарилин. Жиндирго чвантинисайищ нужер лъимал цӏалулел рукӏараб класс къачӏазе кколебилан учительницаялъ абидалги гӏемерисез, кигӏан бокьичӏониги, бакӏарана гӏарац. Гьале гьанжеги директорасеги цогидазеги гӏарац бакӏаризе руго тӏамулел. Исана гӏемерисел гӏолохъанал хъизамал хӏалтӏи гьечӏого рокъор хутӏиги хӏисабалде босун, директорас щибаб классалдаса 5000 гъурущ гурони тӏалаб гьабулеб гьечӏин ругьел бачӏана Вотсапалъул къокъаялде. Бихьулищха гьел нижеда гурхӏун ругеб куц? Гӏарац бакӏаризе нижеца инкар гьабидал, учительницаялъ бадибчӏваял гьарураб лъазабиги битӏун бачӏана эбел-инсул комитеталъухъе, — ян бицана Гӏайшатица.\n«Дида цӏакъ квеш букӏана эбел-инсуца нижер «къимат» гьабичӏолъи. Цӏакъ учузго чӏана гурищ нужее байбихьул классал. Нужеда кигӏанги лъикӏ лъалеб букӏана школагун къо- лъикӏ гьабиялъул «багьаги» кин гьеб тӏубазе кколебалиги. Сайгъаталъе бакӏаризе кколеб букӏараб гӏарцул къадаргицин гьаб заманалда нужее захӏмат букӏинин ккун дагьго абулеб букӏана. Нужеца кӏвар гьечӏого таниги дица теларо школалъул администрация. Дирго рахъалдасан гьабила сайгъатги. Дун хадуйккунги гьаб школалда хӏалтӏизе ккезе йиго, нужер лъималин абуни жеги цӏализе руго гьанир», — гьедин хъвалеб бугоан учительницаялъ Вотсапалъул къокъаялде.\nГӏарз бахъизе щай хӏинкъулел?\nГӏемерисел эбел-эмен рази гьечӏо школалда гӏарац бакӏариялдаса, амма учительницаялдаса нечон- хӏинкъун бакӏарулебги буго. Гӏарац бакӏаричӏони жидер лъимал къварид гьарилин яги гьезие кьолеб лъай мукъсанаб букӏинин ракӏалде кколеб буго улбузда. Цо-цоязул гӏарзал ругоан — лъабго моцӏалъ хӏалтӏиги гьечӏого рокъор хутӏарал жидехъа гӏарац тӏалаб гьабизе учительзаби нечоларищин абун. Гӏемерисел хӏалтӏулел руго базаразда яги квен гьабулел бакӏазда. Квеш ккараб жо буго Вотсапалъул къокъаялдаса къватӏирехун гӏарзагъине киналго хӏинкъулел рукӏин. Кире ун гӏарз бахъаниги кинабниги гӏайиб эбел- инсул комитеталдеги учительзабаздеги бачӏунеблъи лъалин жидедаян абула гьез.\nРоссиялъулго школазда батӏи- батӏиял хӏажатазе гӏарац бакӏари билълъанхъизабуна 90-абилел соназул байбихьудасанго. Доб заманалда школазе пачалихъалъ кумекги гьабуларого, эбел-инсуца гӏарац бакӏарун гуреб школалъе хӏажатаб тӏагӏел- алатги, хӏатта мелгицин босизе рес букӏинчӏо. Гьеб къагӏидаялде школалъул нухмалъулелги ругьунлъана. Гьанжейин абуни, интерактивиял доскабазде гӏунтӏун, къваригӏанщинаб къайи пачалихъалъ босулеб бугоницин гӏарац бакӏаризе багьанаби камулел гьечӏо.\nКинал рукӏаниги къваригӏелазе школалда гӏарац бакӏари законалде данде кколареб иш букӏин лъиего балъголъи гуро. Гьеб пишаялда ругел тӏадго ккуни, законалда рекъон бихьизабураб тамихӏги гьадинаб буго:\nУнкъо соналъ туснахъ гьари.\nУнкъо соналъ хӏалтӏизе тӏами.\nБащдаб лъагӏалиде щвезегӏан туснахъалда тӏами.\n80000 гъурщиде щвезегӏан гӏакӏа бахъи.\n2017 соналда РФялъул Жамгӏияб палатаялъ школазда гӏарац бакӏариялъул бицун ахӏизе бегьулеб «горячая линия» гӏуцӏун букӏана. Ункъо моцӏида жаниб аза-азар гӏарзал рачӏана школазда гӏарац бакӏариялда тӏаса. Дагъистаналдаги гӏарзал камичӏо. Школазул нухмалъулезда гьоркьоб дагьабго хӏинкъигицин бижун букӏана. Заман анагӏан цӏалдолезухъа гӏарац бакӏариялъе хӏинкъи гьечӏел къагӏидаби ургъизе байбихьана. Школалъул директорзабазги эбел-инсулаб собраниялдеги хьвадун нужехъа гӏарац бакӏаризе лъилгӏаги ихтияр гьечӏин лъазабулаан. Хадусеб собраниялдаян абуни, школалъул нухмалъулелги учительзабиги эбел-инсулаб комитеталъул кӏалдиса кӏалъалаан, ремонтал гьаризеги, хъаравуласегун уборщицаялъе кьезеги школазул гӏарац гьечӏин абун.\nКватӏичӏого байбихьила цӏалул сонги. Эбел-инсул данделъиялда цӏидасан цебе бахъила долго «налъабазул» сияхӏги. Кигӏан бокьичӏониги учителасулгун гьоркьоблъи хвеларедухъин абун гӏемерисез кьола гӏарацги. Ракӏ-ракӏалъе бокьун школалъе гӏарцудалъун кумек гьабизе бокьаразе гьеб законалъ гьукъунги гьечӏо. Цо-цо школазда кумек гьабун кьураб гӏарцул квитанциялцин хъвала. Квитанциял тӏалаб гьарулел ругони, эбел-инсул ракӏ чӏунгӏаги букӏина жидецаго кьураб гӏарац школалъул нухмалъиялъ кунеб гьечӏин абун."}
{"slug": "9030-adabal-e-mustakhiik-av-nasikhiatchi-veteran", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9030-adabal-e-mustakhiik-av-nasikhiatchi-veteran", "title": "Адабалъе мустахӏикъав насихӏатчи-ветеран", "date": "2020-07-20 09:26:30", "categories": ["insan"], "text": "1979 соналъул июналда, Хунзахъ районалъул халкъияв судиявлъун хӏалтӏулев вукӏарав дихъе кӏалъан вачӏана республикаялъул прокурор М. Ибрагьимов ва лъазабуна метерго жиндихъе вачӏаян абун. Нахъисеб къоялда гьесухъе щведал прокурорас абуна Гъуниб районалъул прокурорлъун хӏалтӏизе витӏулев вугин дунан абун. Кӏиго къоялдаса дун щвана Гъуниве ва тӏоцебесеб нухалда дандчӏвана райкомалъул тӏоцевесев секретарь Гӏинчилов Хӏажигун.\nРайкомасул кабинеталде лъугьаравго, диде данде вахъун вачӏана гьоркьохъеб ригьалъул, къартӏав ва аскариясул рилълъин хасиятав бихьинчи. Дир саламги буссинабун гӏодов чӏаян абуна. Дун вукӏана вихха-хочун – живго Сталин вугин кколаан дида цеве эхетун! Гьурмал сипатго букӏана Сталинилалда релълъун – михъал, ботӏрол кар, досулго гӏадинаб аскариясул партал, галифе- тӏажу ва кенчӏоледухъ рацӏцӏадго чӏезарурал солдатасул чакмаби…\nБайбихьудасаго ниж хехго ричӏчӏана цоцада. Гьелдаса нахъе, батӏи- батӏиял хъулухъазда хӏалтӏаниги, кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цоцазул адабалда унеб буго нижер гьудуллъиялъул гӏумру. Хӏажи кидаго вукӏана жавабчилъи тӏокӏав нухмалъулевлъун. Гьединабго жавабчилъи тӏалаб гьабулаан гьес цогидал хӏалтӏухъабазухъаги. Гьесул жигаралдалъун ва нухмалъулесул бажариялдалъун дол соназда, районалъул киналго идарабазул хӏалтӏухъабиги гӏахьал гьарун, гӏуцӏун рукӏана хасал къокъаби. Гьел щолаан щибаб росулъе, халгьабулаан бакӏалъул нухмалъиялъул хӏалтӏул ва гьабулаан хӏажатаб кумек. Цӏакъ пайдаяб иш букӏана гьеб. Гьединаб хӏаракаталъул хӏасилалда Гъуниб районалъул цӏар чанцӏулго хъвана республикаялъул Хӏурматалъул хъорщода.\n«1968 соналъул февралалдаса нахъе Хӏ. Гӏинчилов вуго Гъуниб районалъул нухмалъулезул цоявлъун. Район санайилго мустахӏикълъула КПССалъул Обкомалъулги республикаялъул Министразул советалъулги хьвадулеб Багӏараб байрахъалъе. Гьев жигаралда гӏахьаллъула районалъул жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъулъ. Гӏадамазул къваригӏел тӏубазе хӏадурав вукӏиналъ, гьесул адаб гьабула районалда. Гьединлъидал нижеца гьев мустахӏикъавлъун рикӏкӏуна Ленинил орденалъе», — ян хъван буго дол соназда Обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏарав М.-С. Гӏумахановас гъулбасараб архивалъул документалда.\n1942 соналъул январалда Сугъралъ росдал ичӏабилеб классалда цӏалулев вукӏарав Хӏажи жиндиего бокьун ана Кӏудияб Ватӏанияб рагъде. Цин гьев витӏана Бакуялъул лъелазул училищеялда цӏализе. Гьеб лъугӏизабураб мехалда витӏана армиялде – 1356-абилеб дивизиялде. Гьебго соналда гӏахьаллъана Моздокалда, Малгабекалда, Абинскиялда фашисталгун ккарал рагъазулъ, вагъана Новороссийскиялъул, Туапсеялъул ва Крымалъул мухъаздаги.\n1942 соналъул декабралда гьев лъукъана тӏоцебесеб нухалда. Щвана рагъулъ контузияги, цӏорон рукӏана хӏатӏикилщалги. Амма госпиталалда сахлъун хадувги Хӏажица кьаби щвезабуна тушманасде. Рагъулаб хъулухъалда гьев вукӏана 1946 соналъул июналде щвезегӏан. Рагъ лъугӏун хадуб гьев цӏалана Москваялда – Багӏараб армиялъул Рагъулабгун финансазул училищеялда ва тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, гьесие щвана гвардиялъул подполковникасул цӏар.\nРагъул ветераназе бокьуларо дол захӏматал соназда ккарал лъугьа- бахъинал ракӏалде щвезаризе. Гьес абула, кидаго беразда цеве вукӏунин рагъулъ лъукъарав, бида вецӏцӏулев вукӏарав гьалмагъ ва кӏочонарила гьесул ахирисел рагӏаби: «Гьудул, дун холев вуго, амма холев вуго Ватӏаналъе гӏоло, Сталиние гӏоло!». «Дида гӏемер ракӏалде щола гьев солдат. Рагъана ниж, Ватӏаналъул тӏолалго солдатал, тушманасдаса киналъухъго рецӏел босизе кӏудияб гъирагун. Тушманасде бугеб ццидаца кьвагьизе къачӏан рукӏана киналго ва щивав солдатас ахӏулаан: «Рахъа гьужумалъе, церехун! Ватӏаналъе гӏоло! Сталиние гӏоло!» — ян. Дицаги гӏемер ахӏулаан гьел рагӏаби», — ян ракӏалде щвезабула Хӏажица.\nГьесда тӏад ретӏун кидаго букӏуна Сталинил заманалъул форма. Щай дуца гьеб тӏаса бахъуларебан гьикъараб мехалда, Гӏинчиловас кьуна гьадинаб жаваб: «Нижеца киназго ретӏунаан гьеб рагъдаса хадусел соназдаги. Гьеб буго дие цӏакъ хирияб форма. Цо данделъиялда М. Гӏумахановасги бадибчӏвай гьабуна дие форма сабаблъун. Дир жавабалдаса гьесда бичӏчӏана, дие гьеб хирияб бугеблъи – рагъул соназул ракӏалдещвей хӏисабалда», — ян. Гьеле гьеб аскариясул кителалда гьанжеги ран руго Хӏажие рагъулгун захӏматалъул фронтазда щварал киналго орденалгун медалал.\n1948 соналда Хӏажи Гӏинчилов хӏалтӏулев вукӏана Лъаратӏа районалъул прокурорлъун. Гьесул хӏаракаталдалъун районалда бецӏизабуна пачалихъалъе гьабун батараб батӏи-батӏияб тайпаялъул зарал. Гьелъул мурадалда следователаз гӏуцӏараб хасаб халгьабиялъул хӏисабалда хъван буго «жидерго мулк цӏунизе багьа хириял алаталги рукъалъул хӏайваналги, магӏардасан рачун, щвезарун ратана Азарбайжан республикаялдаян». Гӏинчилов вахана чоде ва кӏиго анкьил болжалалда валагьана мадугьалихъ бугеб республикаялда вахчарулев вукӏарав къоло лъабавго чи. Милициялъул кумекалдалъун гьел щвезаруна районалде ва гьезда бецӏизабуна гьабураб зарал.\n1985 соналда Гӏинчиловас хӏалтӏи тана. Ва байбихьана ветеранасул насихӏатчилъиялъулаб хӏаракат. Абизе бегьула гьеб букӏанин гӏолеб гӏелалъе моралияб тарбия кьеялъул рахъалъ рагьараб Хӏажил «лъабабилеб фронт». Гьеб ишалда вуго бахӏарчияв ветеран кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Гьев дандчӏвала школазул ва колледжазул цӏалдохъабигун, вузазул студенталгун, захӏматчагӏигун. Гьес нухмалъи гьабула Росдал магӏишаталъул министерствоялъул ветераназул гӏуцӏиялъе.\nХӏажил патриотизмалъул хӏакъалъулъ бицуна Гъуниб росулъ «Хъахӏал къункъраби» абураб памятник баялъе гьабураб хӏаракаталъги. «Къватӏисел улкабаздаса тӏадвуссарав Расул Хӏамзатов гӏемер щолаан Гъуниве. Япониялдаса тӏадвуссарав гьев вачӏана районалде ва дирги гьесулги хабар ккана памятникалъул хӏакъалъулъ. Райкомалъул бюроялда гьабуна гьелъул хӏакъалъулъ хӏукму ва бана гьеб. Гьелъул скульптор вуго Чӏохъа Хӏажи Гъаниев.\nГьеб буго тӏолабго кӏудияб улкаялъул ватӏан цӏунулаго рагъда чӏварал бахӏарчиял васазул хӏурматалда бараб. Биччанте гьеб букӏине нилъер халкъалъул цере рукӏаралги жакъаселги наслабазул бухьеналъул нугӏлъун!» — ян ракӏалде щвезабуна ветеранас.\nПамятник рагьана 1986 соналда. Диеги рес щвана гьеб рохалил байрамалда гӏахьаллъизе. Гьенир рукӏана памятникалъул ва кочӏол авторалги — Расул Хӏамзатовгун Ян Френкель.\nПрокуратураялъул хӏалтӏухъаби- ветераназда гьоркьоса жакъа чӏаго вуго гӏицӏго Хӏажи Гӏинчилов. Дун гьевгун дандчӏван вукӏана Ватӏан цӏунулезул къоялда. Гьесулгун накъиталда вукӏаго, нижеца ракӏалде щвезабуна рагъул соназда гьарурал лъималазул гӏумру, хӏехьезе ккараб захӏмат. Бокьилаан жакъасел гӏолилазда гьелъул магӏна бичӏчӏизе ва нилъер тарихалъул адаб гьез гьебизе."}
{"slug": "9036-aral-ul-khiisab-gabuni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9036-aral-ul-khiisab-gabuni", "title": "Аралъул хӏисаб гьабуни…", "date": "2020-07-20 11:08:44", "categories": ["rel"], "text": "Тӏоцебе Дагъистаналде исламалъул байрахъ бачӏарав чи ккола Салман бину Рабигӏатил Багьили. Гьев вачӏана, ислам тӏибитӏизабулаго, Дербенталде щвезегӏан. Гьелдаса хадуб гӏемерлъана гӏарабаз Дагъистаналде гьарулел гъазаватал.\nГӏабасилазул халиплъиялъул заманалда Дербент шагьар лъугьун букӏана битӏахъе гӏелмияб центрлъун. Гьарун-Рашидил заманалда гьевги вачӏун вукӏана цо нухалда гьениве, жиндирго лъималгун цадахъ. Гьенир гӏемерал машгьурал гӏалимзабиги рукӏана.\nНилъеда лъалев тӏоцевесев машгьурав гӏалимчи вукӏана Гъумекиса Гӏали (Кӏудияв Гӏали). Дагъистаналда машгьураб «Мухтасар» тӏехьги гьесде гӏунтӏизабула. Гьев вукӏун вуго Ибнухӏажар Гьайтамиясул заманалъул чи. Хӏежалда гьел дандчӏванги руго. Гьесда хадув машгьурав гӏалимчи вукӏана Гӏободаса Шагӏбан. Гьесда хадув ваккана Къудукьа Мусалав. Гӏелму тӏалаб гьабун, гьев хӏижазалъул ракьалде ана доб заманалда дунялалдаго машгьурав Салихӏил Ямани абулев гӏалимчиясухъе, 6-7 соналдаса ватӏаналдеги тӏад вуссун гӏелму тӏибитӏизабуна. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда рахъана кутакал гӏалимзаби.\nБатӏаго бицен гьабизе бокьун буго 19-20-абилел гӏасрабазда вукӏарав кӏиго гӏалимчиясул хӏакъалъулъ: Хӏоцоса Доногъонол Мухӏамадил васал Гӏабдулатӏипилги Нажмудинилги.\nБосеха Гӏабдулатӏипил, авараг веццун хъвараб, «Талагӏлагӏа» назму. Алкъадарияс жиндие (тахмис) гьабураб, гӏараб мацӏалда хъвараб ва гӏажамияталъул кинабгӏаги махӏ жиндилъ гьечӏеб. Босеха Нажмудинил «Азгьаруравиягь» — Авараг (с.гӏ.в.) веццун гӏараб мацӏалда хъвараб, гӏарабазул улкабиго гӏажаиблъизарулеб. Гьел назмаби руго, Дагъистаналда лъица щиб гӏараб мацӏалда хъван батаниги, тӏолго дунялалъулго чӏумазулъ маржанал. Дица гуро гьезие гьединаб къимат кьолеб бугеб, гьеб кьолеб буго тарихалъулги гӏелмуялъулги ритӏухълъи цӏунулел чагӏаз.\nРуго гьезул гӏараб мацӏалда цӏакъго пасихӏал жеги назмаби. Гьеб буго Дагъистаналда инкъилабалда цебесеб заманалда букӏараб диналъеги, адабияталъеги, гӏараб хъвай-хъвагӏаялъеги, цересел умумузул кӏалзул хазинаялъеги, биялъ белъун хъвараб нилъер тарихалъеги нугӏлъун бугеб хӏужа. Гьайгьай, маданияталъеги адабияталъеги нугӏлъи гьабулел хӏужаби гӏемерал руго, рукӏунги ратила, амма гьезул гӏемерисел гъанкъизаруна, тӏагӏинаруна, рухӏана.\nГъазимухӏамад имамасул, Хӏамзат имамасул ва 25 соналъ халат бахъараб Шамилил къеркьеялъги гьелъие нугӏлъи гьабула, нилъер тарих меседил хӏарпаз хъвазе ре- къараб букӏиналъе. Амма жакъаги камуларо гьелде рагӏад рехизабулел, хӏакъикъаталда канлъиялде рагӏад рехизе ресго гьечӏеблъиги бичӏчӏуларого.\nЩалха рукӏарал Доногъонол Мухӏамадил васал? Цояв дунялалъул миллатго гьабичӏев, жиндие кколеб инсул бутӏаялдасаги инкар гьабурав, жиндир гӏумру гӏелмуялъе вакъпу гьабурав, дунялалъул политикаялде гъорлъе лъугьинчӏев, пачаясул изну гьечӏого хӏежалде анин абун, ватӏаналдаса къватӏивеги витӏун, 39 сонил ригьалда чияр ракьалда хварав гӏелмудал ралъад Гӏабдулатӏип.\nГьесул гьитӏинав вац Нажмудин – бечедав, боцӏи-малги, гӏелмуги бугев, динияб гӏелмуялъе гӏарабазул гӏалимзабаздаса нахъе кколарев чи вукӏана. Гӏарабазул цересел машгьурал шагӏирзабазул шигӏрабаздаса ратӏарахъизе лъалареб хӏалалъ жиделъ гӏажамияталъул махӏ гьечӏел гӏараб шигӏраби хъвалев шагӏирги гӏалимги, цӏияб политикаялде дандечӏарав политик, хӏукуматалъ халкъалъул тушманлъун рикӏкӏарав ва 1925 соналда Ростовалда, «тройкаялъ» чӏвазе хӏукмуги гьабун, чӏварав чи.\nГьединаб буго гьаб дунялги дунялалъул гӏумруги хисардулеб, цоялъ цояб гьересиги гьабулеб жо. Хисулареб жо цохӏо Къуръанги хӏадисги буго. Аралъул хӏисаб гьабуни, ни- лъер лъикӏалщинал гӏалимзабиги, бажари бугел чагӏиги цоял чӏван, цоял гъурбаталде ритӏун, хвана. Аллагьас цӏунаги гьанжеги цӏидасан гьебго кӏкӏалахъе гӏумруялъул гьоко гириялдаса.\nЩивха ворчӏарав репрессиялъул кӏичӏикьа? Нажмудинида данде рукӏарал, батӏи-батӏияб багьанаги батун, цоял чӏван, цоял ватӏаналдаса къватӏире ритӏун, тӏагӏинаруна. Гӏалихӏажи Гӏахъушияв ахиралда хӏукуматалъ къадру-къиматалда цӏунун вукӏарав, кӏиго соналъ жиндирго рокъов туснахъ гьавун хадув хвана 1930 соналда, 83 сонил ригьалда. Гьесул рукъалъул агьлу- хъизан Гъиргъизиялде битӏана. Гьесул наслудал чагӏи гьабсагӏатги руго гьенир."}
{"slug": "9038-sundul-go-tsevekh-anl-un-vukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9038-sundul-go-tsevekh-anl-un-vukiana", "title": "Сундулъго цевехъанлъун вукӏана", "date": "2020-07-20 11:35:03", "categories": ["insan"], "text": "Ругъелде щведал, росдал школалъухъги балагьун, Советский райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏарав Махӏмуд Гьитӏиновас абуна: «Гьаб школалда гьабураб хӏалтӏухъ Мухӏамад Ахкубеговасе кьезе ккола Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи абураб цӏар», — илан. Хӏакъикъаталдаги захӏмат хирияв, сундулъго цевехъанлъи гьабизе гӏедерав чи вукӏана цин учительлъун, хадуб 25 соналъ школалъул директорлъун хӏалтӏарав М. Ахкубегов.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб заманалда школалъул цӏалдохъанлъун вукӏарав Мухӏамад колхозалъул председателас ахӏула жинхъего ва Къахӏиве пуланаб кагъат босун ине кколин абула. Ретӏине хьитал гьечӏев Мухӏамадица инкар гьабидал, кулакасул василан бадибчӏвай гьабула ва инсудаго хадув витӏилин хӏинкъиги кьола. Гьесул эмен, кулакги гьавун, туснахъалде витӏун вукӏана. Кин бугониги, гӏагарав васасул хьиталги ретӏун, 45 километрги нахъа тун ине ккана Къахӏиве.\nГьениса вачӏиндал, росдал бегавулги секретарьги рагъде ун ратула ва гьев тӏамула секретарьлъун. Кӏиго соналъ гьенивги хӏалтӏун, вачана гӏиял фермаялде хӏисабчилъун. 1948 соналда гьесие рес щвана Буйнакскиялда рагьараб школа- интернаталде цӏализе ине. 1952 соналда цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул учительзабазул институталде. Гьеб лъугӏидал витӏана Ругъелда росдал школалде, гӏурус мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе. 1964 соналда тӏамуна директорлъунги. Январь моцӏалда гьес къабул гьабураб школалда букӏинчӏо бухӏизе цӏул. Цӏорораб хасало, цадахъ коллективги бачун, ана рохьове цӏулада хадув. Тӏоцебесеб соналъго байбихьана биологиялъул ва математикаялъул классал разе. Хадур рана тӏадеги кабинетал, лаборатория, учительская, буфет, мастерская, столовая, 200 чиясе санагӏатаб общежитиялъул кӏиго корпус. Гамачӏ хӏадури, цӏул къотӏи — кинабго гьабулаан коллективги бачун, хӏалае рукӏунаан чӏахӏиял классазул лъималги. Колхозалда ракьги кьезабун, росана гӏачи. Приусадебниял участкабазда бекьана картошка, хъапустӏан. Районалдаса гӏарацги тӏалаб гьабун, гьабуна хӏухьлаца хинлъулеб система. Директорасул хӏалтӏи буго магӏишаталда хурхарабилан абулаан гьес. Учитель лъималазе мисаллъун вукӏине кколев ватани, директор мисаллъун вукӏине ккола лъималазеги, учительзабазеги, росдаегиян тӏадеги жубалаан.\nМухӏамад вукӏана росдал советалъул хиси гьечӏев депутатги, колхозалъул правлениялъул членги. Гӏумруялъул 60 сониде вахиндал гьев директорлъиялдаса нахъе ана ва чанго соналъ хӏалтӏана учительлъун.\nМухӏамад вукӏана росдал унго-унгояв патриот. Лъикӏабщиналде тӏоцебе гали лъолев чиги вукӏана гьев. «Цӏалах» авалалда тӏоцебе минаги гьес бана. Гьанже гьенибе гочун буго бащдаб жамагӏат. Тӏоцере ясал шагьаралде лъай босизеги гьес ритӏана. Гьесул руго 5 ясги цо васги.\nМухӏамад вукӏана лъикӏаб-квешаб дандбалев жамагӏатчи. Ккаралъуб маслихӏат гьабизеги ахӏулаан гьев. Росулъ бертин тӏобитӏулебщинахъе, тӏоцеве гьевги хъизан Муъминатги рахъунаан къелдерил кьурдул свери бахъизе.\nГьев вукӏана гӏолилазул насихӏатчиги. Гьесие кьун букӏана «ДРялъул мустахӏикъав насихӏатчи» абураб цӏарги. Гьесие цӏакъ рокьулароан гьереси бицунел чагӏи. Жинца киданиги гьереси бицинчӏиланги абулаан гьес.\nМухӏамадил 80 сон тӏубаялъул юбилей тӏобитӏулеб заманалда, гьесул цӏар кьуна Ругъелда росдал школалъе. Щибаб соналъ, ай гьев гьавураб 1 маялъул къоялъ тӏоритӏула Ахкубеговасул призалъе гӏоло спортивиял къецалги.\nГьесул хӏакъалъулъ бицен ккедал, мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас абун букӏана гьадин:\n«Гӏакълуги, сабруги, аваданлъиги, гӏелмуги жиндилъ бессарав, берцинаб гӏамалалъул, гӏакъилаб каламалъул чи вуго Ахкубегов», — илан.\n«Унго-унгояв мугӏалимас жиндирго лъаялда- лъун, хӏалбихьиялдалъун, рекӏел хинлъиялда- лъун инсанасул букӏинесеб гӏумруялъе битӏараб нух тӏаса бищизе квербакъи гьабула. Гьединав мугӏалимасе жиндасаго цӏикӏкӏун бокьула живго вижараб ракь, рокьи ккун малъула цӏалдохъабазда гӏумрудулги гӏелмуялъулги балъголъаби. Гьединав мугӏалимлъунги дица рикӏкӏуна Ахкубегов», — ан бицана Авар театралъул художествияв нухмалъулев Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас. Шамил районалъул бетӏерлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Мухӏамадзагьидовас абуна: «Дун вохаравги чӏухӏаравги вуго гьесда цадахъ хӏалтӏизе щвеялдаса. Гьес дида гӏемераб жоги малъана школа- лъул директорлъун гьевги ОНОялъул заведую- щий-лъун дунги хӏалтӏулеб мехалда. Нижее гьев кидаго вукӏана мисаллъун», — ан.\n«Кьалбал гьечӏеб гъветӏги кьучӏ гьечӏеб минаги букӏунаро. Ругъелда росдал школалъул гъотӏол кьалбаллъунги Мухӏамад вуго, кьучӏги гьес щула гьабуна», — ян бицана росдал школалъул директорлъун ахирал соназда вукӏарав Мухӏамад Тӏайгибовас. Ахиралдаги, бокьун буго кочӏодалъунги цо чанго рагӏи абизе.\nГӏумру — рарал соназ гуро борцунеб,\nБорцуна ракьалда тарал лъалкӏаца.\nЛъимерищ, херавищ хал гьабуларо,\nХалкъалъе пайдаяв ватаралдаса.\nДица дур гӏумрудул хӏисаб гьабидал,\nГьал мугӏрузул цояв вугин тола мун.\nТаманал цӏорояз, роол бухӏияз\nРухӏго гьечӏониги речӏаларо гьел.\nГьитӏинго гӏелму-лъай гьуинлъарав мун,\nГӏагараб росдае мисаллъун чӏана.\nТӏоцебе институт лъугӏаравги мун,\nЛъай-гӏелму босизе росу ахӏарав.\nБикъичӏо, хъамичӏо, хъулбиги рачӏо,\nХъахӏаб кагъатгӏанги вацӏцӏадго чӏана.\nТӏокӏкӏараб ицц гӏадаб тӏолго гӏумруялъ,\nГӏадан пашманлъулеб щибго гьабичӏо.\nГьитӏиназе эмен, кӏудиязе вац,\nКӏвечӏо мукӏурлъизе дуда саназе.\nРитӏухъал къасдазул къамартӏав инсан,\nМун гӏадиназдаса чӏухӏула гӏалам.\nДагьал церегӏан къоязда, 95 сонил ригьалда, Аллагьасул къадаралде щвана гьев лъикӏав инсан, ракьалда гъваридаб лъалкӏ тарав муъминчи. Аллагьас алжан насиб гьабун батаги гьесие."}
{"slug": "9039-tsebetieyalde-khul-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9039-tsebetieyalde-khul-bugo", "title": "Цебетӏеялде хьул буго", "date": "2020-07-20 11:44:20", "categories": ["pismo"], "text": "Гӏумруялъулъ, захӏматалъулаб хӏаракатчилъиялъулъ щивав чиясе щолел бергьенлъаби, жамагӏаталда гьоркьоб гьесул букӏунеб къадру-къимат бараб букӏуна хъизамалъулаб тарбиялда.\nДир эбел-инсуца гӏумру гьабулеб букӏана магӏарухъ. Инсуца гӏахьаллъи гьабуна япониялъулазулгун букӏараб рагъдаги. Гьес жиндирго лъимал ругьун гьаруна намус бацӏцӏадго хӏалтӏизе ва цогидазул адаб гьабизе.\nГӏолохъанаб заманалда нухмалъулевлъун, политикияв цевехъанлъун вахъине дица дидаго цебе масъала лъун букӏинчӏо. Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда дун учительлъун хӏалтӏулев вукӏана Харахьи, Гӏоротӏа росабазул школазда. Лъикӏал гӏадамазул сверуде ккана дун. Цо нухалда дир дарсиде вачӏана партиялъул Хунзахъ райкомалъул хӏалтӏухъан, гьев вукӏана гӏурусав. Гьелдаса хадуб гьесул гьариялда рекъон, дун районалъул лъай кьеялъул отделалде методистлъун хӏалтӏизе вачана. Гьел соназда гьеб идараялда культураялъулгун лъай кьеялъул рахъалъ инспекторлъун хӏалтӏулев вукӏана Цӏадаса Хӏамзат, райОНОялъул нухмалъулевлъун – Мухӏамад Къебедов. Гьез кӏудияб асар гьабуна дие политикияб болъодухъа тӏаде вахине, кумек гьабуна лъай босизе. Цеве иналъе дие кумек гьабуна хӏалтӏуде бугеб рокьиялъ, кӏвахӏ тӏун, намус бацӏцӏадго гьеб тӏубазабиялъ.\nСоветияб заманалда, араб гӏасруялъул 70-абилел соназде щвезегӏан нижеда лъалароан, гӏарац кьун хъулухъазде тӏамизе кадраби тӏаса рищизе бегьулеблъи, тӏадегӏанал цӏалул заведениязде гӏарцухъ лъимал цӏализе рорчӏизаризе кколеблъи. Ришват боси кидаго заралияб ишлъун рикӏкӏунаан. Низам гьечӏолъи, коррупция, ришватал роси ва кьей рикӏкӏунаан къабихӏал ишаллъун.\nУнкъо районалда КПССалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏана дун, амма доб мехалда гьединал суалал гьоркьор лъезе, гьезие къимат кьезе кколароан. Дида божизе кӏолеб гьечӏо ВУЗалъул ректорас, преподавателас, тарбиячияс лъималазухъа гӏарац босулин абураб харбида. Вахӏшияб рагъги гьабизе ккола гьединазде данде. Ихтиярал цӏунулел органаз ришватчагӏазде данде къеркьеялъул моцӏал (месячникал), конкурсал лъазаризе бегьилаан, гьединал хӏиллачагӏи тӏатинарурал хӏалтӏухъабазе шапакъаталги кьезе ккела.\nСоветиял соназда гӏадамал хӏалтӏулаан, гьезул захӏматалъухъ лъикӏаб мухьги кьолаан. Гьанже иш гьедин гьечӏо. Нужецаго хал гьабе, кигӏан гӏемерал хӏалтӏун бажарулел гӏолохъаби «инвалидаллъун» лъугьун ругелали, гьезие гьелъухъ пачалихъалъ гӏарацги кьолеб буго. Хӏамил гӏадин гарбалги ккун, чан магӏарулав вугев шагьаразда сверулев, херал эбел-инсул пенсияги кванан кепалда. Гӏадамаз рилизе тун руго гӏаданлъиялъул принципал, гражданлъиялъулаб борч. Лъимал къадарго цӏалулел руго, гӏумруялъулъ цӏалиялъ жидее щибго кьоларин абураб пикруги гьезулъ щулалъун буго. Школазда, тӏадегӏанал цӏалул заведениязда тӏоритӏулел дандчӏваязда дица гӏолилал ахӏула цӏализе, батӏи-батӏиял гӏелмабазул кьучӏал лъазаризе.\nКидаго цӏикӏкӏараб гӏелалъул гӏадамазде гӏайиб гьабулаан гьезда цӏиял, лъикӏал хиса-басиял рихьулел гьечӏин, квешаб кӏодо гьабун, тӏаде жубан бицунилан. Амма дие бокьун буго гӏолохъанаб гӏел лъикӏаб букӏине.\nАхираб заманалда чӏороголъулел руго росаби, гочунел руго гӏадамал умумузул ракьаздаса, рекьулел гьечӏо хурзал, чӏунтулел руго ахал. Хъарцинлъулеб буго гӏолилазул рухӏияб рахъ. ДРялъул Халкъияб собраниялъул данделъабазда кӏалъазе рахъаразе суал кьезе лъаларел чагӏи рищулел руго парламенталъул депутаталлъун ва нилъеца гьединазе гьаркьалги кьолел руго. Гьел ва цогидал суалаз дир рахӏат хвезабулеб буго."}
{"slug": "9049-tsiadasa-khiamzatitsa-rukhiiyal-kurkbal-g-urav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9049-tsiadasa-khiamzatitsa-rukhiiyal-kurkbal-g-urav", "title": "Цӏадаса Хӏамзатица рухӏиял куркьбал гъурав", "date": "2020-07-22 08:18:19", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Цӏумада районалъул Лъондодаса тохтур Гӏабдурашид Сагӏидов миллатцоязда лъала Москваялъул цо клиникаялъул нухмалъулев ва жамгӏияв хӏаракатчи ва публицист хӏисабалда.\nЖакъа Гӏабдурашидица ракӏалде щвезавулев вуго жиндирго инсул вацгӏал, «Багӏараб Байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Мухӏамад Шамхалов.\n— Гьадинав чи вугилан инсуца бицун гурони, вихьун Мухӏамад дида лъалароан дун 7-8 классалде вахъинегӏан. Гьесул вацасул яс ригьнаде кьолеб мех букӏана гьеб. Мухӏамад Лъондоде вачӏана жиндирго кӏияйго ясгун цадахъ.\nТӏоцебе Мухӏамадица диргун гьабураб хабар букӏана цӏаралда хурхараб. Рагъда тӏагӏарав жиндир вацгӏал Гӏабдурашидил цӏар бугила дуда лъун, гьелъие мустахӏикъавлъун вукӏине ккелин насихӏаталги гьаруна гьес.\nКиве унев вугониги, ай хӏухьбахъизе рохьове яги цогидалъуве унелъул, дунги цадахъ вачунаан. Гьесул ясал – Зюмагун Татьяна дир гӏел бащадал рукӏиналъги батилаха. Гьедин гьудуллъи ккана Мухӏамадилгун дир. Санайилго март моцӏалъ Махӏачхъалаялде Олимпиадабазде щведал, гьесухъе ваккичӏогоги дун чӏолароан.\n— Нужерго росдал хасаб мацӏги бугеб бакӏалда гӏурав чиясда хадубккун хъвадарухъанлъун, миллияб газеталъул бетӏерав редакторлъун вахъунеб махщалида болмацӏ лъай буго гӏажаибаб жо. Хасго доб мехалда.\n— Болмацӏ кутакалда лъалаан гьесда. Росулъ лъондодисезул мацӏ бицаниги, шагьаралде щвараб мехалда дида, щаялиго, болмацӏалда кӏалъалаан гьев. Байбихьуда дида кколаан гӏемер заманалъ шагьаралдаги вукӏун, гьесда багвалазул мацӏ кӏочон батилилан. Дица гьикъана гьесда дуда гӏезегӏан лъикӏ лъалеб бугин росдал мацӏ, амма гӏагарлъигунги росуцоялгунги авар мацӏалда кӏалъаялъул магӏна щибилан.\nГьес жаваб кьуна мацӏ бугила устарасухъ кодоб бугеб алат гӏадаб жо. Щивав устарасул букӏунила жиндирго квер ругьунлъараб алат. Гьединаб алатлъун жиндаги авар мацӏ бихьулила, гьелдалъун бигьалъулила жиндие пикрабиги, гӏумрудул хаслъиги загьир гьабизе.\nБолмацӏалде рокьиги пагьмуги лъимерлъудасанго букӏун буго Мухӏамадил. Гьитӏинго Цӏадаса Хӏамзатилгун ккараб дандчӏваялъги кӏудияб асар гьабун буго хадубккун гьесул гӏумруялъе.\nХӏамзатги машгьурав летчик-испытатель Георгий Байдуковги цо соналъ Агъвалире рачӏун рукӏун руго избирателалгун дандчӏвазе. Байдуков СССРалъул Верховный Советалде депутатлъун Дагъистаналдаса вищизе кколев вукӏун вуго. Гьеб дандчӏваялда вукӏун вуго Кӏванада школалъул цӏалдохъан Мухӏамад Шамхаловги. Доваса бахъарав Агъваливе щвезегӏан хӏатӏида гӏицӏго вачӏун вуго гьев.\nГьениб Мухӏамадица Цӏадаса Хӏамзатида абун буго жинда дур киналго кучӏдул рекӏехъе лъалилан. Гьедин батани, «Гӏадатазул жул» цӏалеян абун буго Хӏамзатица. Гьеб параялъго двар-двариялда цӏалун буго Мухӏамадицаги гьеб. Гьелдаса хадуб – цогидабги.\nГьедин лъикӏаб лъай-хъвай ккун буго Хӏамзатилгун Мухӏамадил. Школа лъугӏун цӏализе индал, жеги щулалъунги буго гьеб. Валлагь, Махӏачхъалаялде щвараб къоялдаса нахъе жиндие Хӏамзатица эменлъиги, Хъандулалъ эбеллъиги гьабунин бицунаан гьес.\nЦинги Хӏамзатица «Магӏарул большевик» («Багӏараб байрахъ») газеталъул мухбирлъун тӏамизавун вуго.\nМоскваялде, партиялъул тӏадегӏанаб школалде цӏализе иналде цебе хъизан гьабизе ккеялъул хабарги ккезабун бугоан Хъандулалъ Мухӏамадие, бокьараб бакӏалде квер битӏейин, жидеца ячинин дуе лъадийиланги абун.\nАмма Москваялдаса гьев тӏад вуссана цадахъ цӏалулей йикӏарай Фаинагун (Кострома областалдаса комсомолалъул цеехъан).\nГьеб заманалда магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏазда риччалел газетал «Дагестанская правдаялъул» дубляжлъун кколаанин бицунаан дос. Мухбирзабиги таржамачилъи гьабулел хутӏун рукӏанила, творчествоялъе бакӏ яги миллаталъул масъалаби рихьизаризе рес букӏинчӏила газеталда.\nГьабизе жо тӏагӏарав Мухӏамадица гьеб суал цебе лъун буго Гӏабдурахӏман Данияловасда. Пикрудуй дагьабниги эркенлъиги кьечӏого гьеб хӏалалда тани, миллиял газетазул иш лъугӏизе бугин абун буго гьес досда. Гьоркьоб заман иналде тӏубан буго Гӏабдурахӏманица гьеб суалги.\nМухӏамадие Цӏадаса Хӏамзатидасан щвараб кумекалъул цойги мисал бачинин. 1930-абилел соназул ахир букӏун буго. Хӏалтӏуде унаго, гьесда ятула цо къотӏной цӏарагӏги тӏахьалги ричулей гӏадан. Росги хун, жинцаго лъимал хьихьулей гӏадан йикӏун йиго гьей. Гьелъухъа Троцкиясул тӏехьги босун, Мухӏамад хӏалтӏуде щвейги КГБялъул чагӏи жанире лъугьинги цадахъ ккун буго. Щиб ячейкаялда гъорлъин мун вугев, Троцкиясул тӏехьалдалъун щиб гьабизе хӏадурулевин вугевилан абун азарго суал кьун, рахӏат хвезабулеб букӏун буго гьесул. Хадуб Цӏадаса Хӏамзат гьеб ишалда гьоркьове лъугьинчӏевани Аллагьасда лъалаан щиб ккезе букӏарабали.\n— Партиялъул школаги лъугӏарав, Цӏадаса Хӏамзатилгун Гӏабдурахӏман Данияловасулгун лъай-хъвайги бугев мисалияв редакторасул хадубккунисеб гӏумру гӏезегӏан бигьаяб букӏун батила.\n— Валлагь, тӏаде балагьун гьединин кканиги, рукӏун руго Мухӏамадил нухдаги чанги ганчӏал. Масала, 1971 соналда Дагъистаналда ракь багъариялъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь буго гьесул – «Маргьу гуро гьаб» абураб. Партиялъул обкомалъул данделъиялдаги лъун, пухъ-рахъ гьабун какун буго гьеб Гӏумахановас (доб мехалда республикаялъул бетӏерлъуда вукӏарав Мухӏамадсалам Гӏумаханов – авт.). Партияги хӏукуматги сурун бихьизабулеб тӏехь бугин кӏалъан вуго гьев.\nАмма магӏарул мацӏалда къватӏибе бачӏиналдего, Москваялда «Современник» басмаханаялъ биччан буго гьеб. Доб мехалда кутакалда къанагӏатаб жо кколаан миллияб мацӏалда къватӏибе бачӏиналдего гӏурус мацӏалда тӏехь бахъи.\n«Антисоветчина» абун бадирчӏваял гьарун, уголовнияб дело гьабизе дагьалъ хутӏун буго «Ватӏаналъул унти» абураб тӏехь къватӏибе бачӏиндалги. Гӏурус мацӏалда къватӏибе биччан букӏарабани, хӏакъикъаталдаги досие тамихӏ гьабизе рес букӏана, щайгурелъул дора аслияв героясул кӏалдир лъун руго улкаялда гӏорхъаби къан рукӏиналдаса, доб заманалъул политикаялдаса разилъи гьечӏолъи бихьизабурал рагӏаби. Гьединал рагӏабазе гӏоло Сахаровасе, Солженицыние тамихӏ гьабулеб заман букӏана доб.\n— Гьебго жо жиндиегоги гьабизе бегьулеблъи лъалеб букӏинчӏодай досда?\n-Тӏехьалда кьураб хӏакъикъат къватӏибе кьезе бокьун, живго жинцаго кваналев вукӏанилан абулаан Мухӏамадица. Тӏадежоялъе, тӏехьалъул байбихьиги как ахӏиялдасан байбихьулеб бугелъул. Гьелъухъги гӏемерал бадирчӏваял щун руго.\n«Гьудуллъи» альманахалда бахъун букӏун буго гьеб асар. Гьединлъидал, подписчиказухъе щваралниги, библиотекабаздасаниги гьел журналал нахъе ракӏарун руго милициялъ, КГБялъ, халкъалда гьоркьоб гьеб пикру тӏибитӏиларедухъ.\nУлкаялъул цебесеб гӏуцӏи хисараб мехалда кутакалда ракӏ къварилъун, пашманго вукӏана гьев. Гьесде кьолеб кӏварги букӏинчӏо хӏукуматалъул, пенсияги букӏана мукъсанаб. Дун доб заманалда революциялъул чода рекӏарав чи гӏадин, коммунизмалда данде хӏалтӏулев вукӏана. Гьединлъидал, дица чиясда ругъун лъолеб куцалда, вахӏшиго хъвалеб бугин малъа-хъваял гьарулаан Мухӏамадица дие. Гьес мисалалъе бачана цо машгьурав революционерасул хӏакъалъулъ букӏараб дир макъала. Гӏезегӏан чи доб дунялалде витӏанин дос, ахиралда НКВДялъ хӏама гӏадин живгоги чӏванилан хъвалеб бугила дуца. Гьедин хъвазе бегьуларила, чиги инжит гьавун.\nЦинги ахиралда унтун вукӏана дов – дица гьесие Москваялдаса дараби ритӏулаан. Бородинский чедалде хьул лъун бугин абулаан, гьебги битӏулаан Москваялдаса. Цо нухалда абуна чӏахӏахатӏалъ хъвараб Къуръан битӏейила жиндие.\nЦӏакъ гьунар бугев чи вукӏана Мухӏамад. Жив гьитӏинаб мехалда хварав инсул суратцин бахъун букӏана гьес къалмица. Гьебги – гьадинав вукӏун ватилилан ракӏалдеги ккун. Жив хьихьарав инсул вац Гӏабдулхӏалим Махӏачхъалаялде вачӏиндал, гьав чи лъалищин гьикъун буго Мухӏамадица гьесда. Вахӏ, гьев дур эмен гурищин абун буго досги.\nДун гӏажаиблъулаан жиндирго къваригӏелазе гӏоло редакциялъул машинаялдаса гьес пайда босулеб букӏинчӏолъиялда.\nШамат къоялъ дун, мединституталъул общежитиялдаса Мухӏамадил рокъовеги ун, босун газа- белгун, рахун № 18 автобусалде тӏадегун, Учхозалда букӏараб гьесул дачаялде унаан. Къоялъ дораги хӏалтӏун, къаси гьадалго алаталгун добго автобусалда нахъги руссунаан. Гьебгиха, цоцада тӏа-тӏала рекӏарал гӏадин, цого хӏатӏида рахъунги чӏун.\nЦо нухалда дица гьесда абуна, бугӏун цӏураб гьаб автобусалда рекӏинчӏого, къаси-къасиниги бегьулирищин дуца дурго шофер ахӏизеян. Гьес жаваб кьуна гӏолохъанчиясул пикруялъул мекълъиго щибилан. Дуда щайила бичӏчӏулареб жиндир шоферги гӏадан вукӏин, гьесулги гӏодобкъо букӏин; яги унтарай эбелалда аскӏов ватизе бегьулила гьев, ялъуни хъизангун кино-концерталда ватилила, гьединлъидал, досул заман жинца щайдила чӏвазе кколеб.\nРухӏияб аслу гьединаб букӏана Мухӏамадил — жиндиего гӏоло чиясе квалквал гьабулареб."}
{"slug": "9053-gidayatal-ul-barakat-kamugegi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9053-gidayatal-ul-barakat-kamugegi", "title": "«Гьидаяталъул» баракат камугеги", "date": "2020-07-22 10:16:47", "categories": ["history"], "text": "Руччабазул лъай кьолеб центр «Гьидаят» нуцӏби рагьарал руго киналго гӏелму тӏалаб гьабизе бокьаразе, чӏахӏиязеги гӏисиназеги. центр хӏалтӏулеб буго анлъабилеб соналъ гьеб заманалда гьенир цӏалана гӏемерал руччабаи, Дагъистаналдасаги ва гьединго цогидал улкабаздасаги. Гьеб централда руго батӏи-батӏиял курсал гьезда гьоркьоса Къуръан цӏализе, битӏун как базе малъи, диналъул аслаби малъиялъул дарсал,инглисазулаб ва гӏарабазул мацӏ малъи,ва гьединго ретӏел лъутӏизе ва букъизе малъулел курсал. Къад рукӏунел дарсазда рачӏине санагӏат гьечӏезе хӏалтӏула къасисел курсал.\nГӏусманова Гӏайшат йиго Гумбет районалъул Мехьелтӏа росулъа, гьей ячӏун йиго цӏализе жиндирго лъималазул лъималги рачун. Цӏализе захӏмалъулеб гьечӏищин гьикъараб мехалъ, гьелъ бадиса магӏу чвахулаго абуна: «Дун цӏализе кватӏун ячӏун йиго гьединго рекӏекълъунги йиго цейеса нахъе цӏализе ячӏинчӏелъул, амма гьаний щвараб мехалъ дида бичӏчӏана дун гӏадада ячӏун гьечӏелъул. Захӏмалъаби кидаго дандчӏвала нилъеда, амма Аллагьас кумек гьабула».\nМухӏамадова Зарина ячӏун йиго Астраханалдаса, жиндирго хъизан, лъимал, ва гьезул лъималги тун, гьей цӏалулей йиго кӏиго отделениялда: Къад букӏунебги, къасисебги.\n«Цебегоялдаса нахъе дие бокьун букӏана гӏелму цӏализе, Къуръан цӏализе лъазе, гьадинаб центр бугеблъи лъараб мехалъ дица хӏукму гьабула гьание цӏализе ячӏине дирго мурад тӏубазе. Гӏагарлъиялъги дир рахъ ккуна гьале дунги ячӏана гьание»- абулеб буго Зариналъ.\nГъоркьияб соналъул сентябралдаса нахъе «Гьидаят» централда байбихьана онлайн-курсал. Гьел курсаз гӏелму цӏализе рес кьуна Махӏачхъалаялда свера-хъерун ругезе гуребги, тӏолго дуниялалда нилъер ракьяцоязеги лъай тӏалаб гьабизе. «Гьидаят» централъул онлайн-школалъул география гӏатӏидго тӏибитӏун буго. Гьенир руго Томск, Тюмень, Новороссийск, Сочи, Чачаназул республика, Великобритания, Малайзия ва гьединго цогидал шагьараздаса ва улкабаздаса студентал. Сулебанова Бика йиго онлайн-школалъул студентка, Великобританиялда гӏумру гьабулей гьелъ абулеб буго: «Цогияб улкаялде гочараб мехалъ дие бокьун букӏана байбихьараб цӏали иш течӏого цебе бачине гьелъие дие кумек гьабуна «Гьидаят» централъул онлайн-курсаз. дунялалъул батӏибатӏиял рахъалъ ругониги, гьенир хӏалтӏулел махщел цӏикӏкӏарал мугӏалимаз малъула нижеда бищун къваригӏунеб пайда бугеб гӏелму. Гьеб Аллагьасул кӏудияб нигӏмат буго.\nЛъай кьеялъул гуреб гьединго Гьидаят гӏахьаллъула батӏи-батӏиял лъикӏаб асар гьабулел акциязда, ва гъоркьисеб соналъул ноябрь моцӏалъ гьез гӏуцӏана кӏудияб лъай тӏибитӏизабулеб руччабазул вечер «Хрустальная шкатулка».\nЖакъа къоялъ къанагӏат гурони гьечӏо, лъай кьеялда бащадго гӏамал-хасияталдеги кӏвар кьолел цӏалул идараби. Амма гӏамал-хасият буго бергьенлъиялъулаб бетӏербахъиялъул гъоркьлъел. Щай гурелъул вас гӏезавуни нилъеца гӏезавула бихьинчи, амма яс гӏезаюлаго гӏезабула тӏубараб миллат.\nМухӏамадова Мальвина. ДГУялъул журналистазул отеделениялъул 3 курсалъул студент"}
{"slug": "9055-sverukh-e-ralagize-k1ochon-bugo-nil-eda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9055-sverukh-e-ralagize-k1ochon-bugo-nil-eda", "title": "Сверухъе ралагьизе кӏочон буго нилъеда", "date": "2020-07-22 10:36:42", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏумруялда кӏудияб къимат бугеб жоялъул хӏакъалъулъ бицунеб мехалъ, пикрабалъе рачӏуна батӏи-батӏиял суратал гӏадамас къиматаблъун рикӏкӏунеб жоялъул. Цоязул гьеб буго цӏияб рукъ, машина, квартира, кӏудияб харж, дуниял бихьизе свери ва гьединго цогидалги. Амма цӏакъго дагьал гӏадамаз гурони гӏумруялда бугеб къиматаб, кӏвар бугеб жолъун рикӏкӏунаро материалиял рахъалъ бечелъи гуреб, инсанасул рухӏияб рахъ, жанисеб тӏабигӏат.\nНилъеда тӏад бачӏараб коронавирусалъгун, пандемиялъ тӏамуна гӏадамал гӏумруялъул къиматалъухъ батӏияб куцалъ балагьизе ва гьединго ургъизе. Тӏолго гӏадамазул гӏумру бикьана. Самоизоляциялда рукӏаго гӏадамас пикру гьабизе байбихьана цебего кӏочон тун рукӏарал жалазул, ва гьединго бичӏчӏана цере рихьулел рукӏинчӏел ва жинца кӏвар буссинабулеб букӏинчӏел, кигӏанги гӏемерал гӏадатиял жал ругел. Гьезда гьоркьоб буго гӏагарлъигун, хъизангун цоцалъ рекъон рукӏин,\nГьединго гӏадатияб, амма цӏакъ къиматаб жо буго гьими. Гьелъ кӏудияб асар гьабула нилъер гӏумруялъе. гьимулев, хӏалхъублъи гьечӏев гӏадангун кӏалъазе батӏияб гъираги рохелги букӏуна. Амма пашманлъизе бачӏуна, дунялалъул магӏишаталда хадур рекерелулел рукӏун, гӏадамаз пикру гьабуларо гьадинаб кӏвар бугеб жоялъул. Къватӏазда, тукабазда, жамгӏиял бакӏазда, гӏемерисел гӏадамал рукӏуна бецӏаб, пашманаб яги цин бахъараб гьумергун. Амма гӏадан жинда аскӏов вугесе гьимараб мехалъ сверухъ бугеб щинаб жо тӏегьазе байбихьула.\nГьединго гӏумруялъул къиматаб жо буго цо-цоязе кумек гьаби.\nпандемиялъул заманалъ гӏемераз цо-цоязе, мискиназе, тохтурзабазе кумек гьабулеб букӏана. Гьеб цоцалъ гъункиялъ, щулалъиялъ кумек гьабуна унтиялда дандчӏвай гьабизе.\nГьанже нилъеда лъана нилъер гӏумруялъул хиралъи. Нилъ бищунго гьитӏинаб гӏадатияб жоялдаса рохулел руго. Гьединал рохелазул цояб буго нилъерго гьудулзабигун яги гӏагаралгун тира-сверизе ин, гьелгун дандчӏвай. Цебе гьединаб жо нилъее гьанже гӏадин къиматаблъун букӏинчӏо. Щиб лъугьаниги, кигӏан кӏудиял захӏмалъаби дандчӏваниги нилъеда лъазе ккола гьединаб гӏадатияб жоялъулги хӏикмат букӏин нилъее. Гьанже нилъеда гьеб бичӏчӏинчӏониги, заман араб мехалъ нилъеда лъала гьелъул къимат. Аслияб жо буго жиб-жиб цӏияб къоялдаса нилъ роху рукӏин, захӏмалъаби дандчӏваниги хьул къотӏичӏого рукӏине ва гьединго нилъее Аллагьас кьурал щинал нигӏматазде даимаб щукру гьаби.\nМальвина Мухӏамадова, ДГУялъул, журналистазул отделениялъул, 3 курсалъул студентка"}
{"slug": "9057-pikh-gechieb-g-otioda-tiil-rechichiularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9057-pikh-gechieb-g-otioda-tiil-rechichiularo", "title": "Пихъ гьечӏеб гъотӏода тӏил речӏчӏуларо", "date": "2020-07-22 10:47:54", "categories": ["obshestvo"], "text": "Лъай буго цӏакъ кӏвар бугеб бутӏа нилъер гӏумруялда. Дунял бижаралдаса нахъе лъай бугел гӏадамазе гӏемер адабги хӏурматги гьабулеб букӏана, гьел рукӏана къадруги бугел кӏудияб ссиги бугел чагӏи.\nЛъай буго гӏадамасул даража тӏадегӏан гьабулеб жо. Гӏемераб бицине бегьула лъалев чиясул лъаларесдаса цӏикӏкӏарал ихтиярал ругеллъи. Аварагас абулеб букӏана: «Нужеца гӏелму-лъай тӏалаб гьабейин, киниялдаса хобалде щвезегӏан», — абун. Кутакалда пашманлъула жиб-жиб къоялъ гӏелму лъай тӏалаб гьаби жиндирго налъилъун рикӏкӏунарел гӏолилал рихьулеб мехалъ, гьез абула гьанже заманалъ гьеб къварагӏунеб жо гурин. Дица абулеб гьечӏо жамгӏиял яги тӏабигӏиял гӏелмаби лъазе тӏадаб бугин, дица абулеб буго чара гьечӏого къваригӏунеб гӏелмуялъул хӏакъалъулъ жив-жив чиясда лъазе кколеб. Лъайги гьечӏого гьеб тӏалаб гьабизе ниятги гьечӏого гӏадан парахлъараб мехалъ гьеб буго балагьалъул бащалъи. Амма лъай гьечӏев чияс жиндир лъай гьечӏолъиги рикӏкӏинчӏого дагӏбадизеги тӏад кӏалъазеги лъугьараб мехалъ – гьеб буго кӏудияб балагь.\nГьединав чияс фитна гьабула гӏадамазда гьоркьоб. Гьеб букӏуна дунялалъул масъалалдаги динияб масъалалдаги бан.\nГӏелму тӏалаб гьабулаго диниялдаги дунявияб гӏелмуялдаги батӏалъи гьабизе бегьуларо. Дай гурелъул гьеб кӏиябго хӏажатаб буго инсанасе. Бокьарав динияв чиясда лъазе тӏадаб буго диниял масъалаби ва гьединго цогидалги, дунялалда рарал гӏелмабазул аслу. Тарих букӏа, грамматика букӏа, яги битӏараб гъалатӏ гьечӏеб калам. Гьединго бицине бегьула бокьарав гӏадатияв чиясул хӏакъалъулъ, гьесда тӏадаб буго жиндирго диналда хурхараб лъай тӏалаб гьабизе.\nЧанго нухалъ дун нугӏлъун йикӏана бищунго гӏадатал, бигьаял суалазда жаваб кьезе кӏолареб мехалъ. Мисалале босани, нилъеда лъазе тӏадаб нилъерго Ватӏаналъул хӏакъалъулъ суал яги нилъерго диналда чан аслу бугеблъи лъалареб мехалъ. Чанго нухалъ ножодаги бихьун батила телевизоралдаса, социалияб цӏех-рех гьабулеб мехалъ гӏолилазда гьоркьоб къанагӏат гурони рукӏинчӏо суалазе битӏараб жаваб кьолел чагӏи. Мисалалъе гьезда лъалеб букӏинчӏо чан материк бугеблъи ва кинаб материкалда тӏад нилъер хӏукумат бугебалиги. Гьелъ релъизе тӏамулел руго, цо рахъалдаса. Амма цогияб рахъалдаса цӏакъ пашманаб жо буго. Рахӏатхун пикру гьабулаан, щибдай букӏина бачӏунеб заманалда гьадинаб хӏал гьоркьоса къотӏичӏони.\nСундуе гӏоло дица гьаб хъвалеб буго? Дие бокьун буго щивав чиясда бичӏчӏизе лъай тӏалаб гьабиялъул хиралъиги, кӏварги. Кигӏан кӏвар бугеб жо лъай бугеблъи лъазе. Амма дица абулеб гьечӏо лъай бугев чи гьев тӏадегӏанаб цӏалул заведениеги лъугӏарав диплом бугев чи вугин абун. Гуро. Лъай бугев чи гьев вуго тӏоцеве адаб-хасияталъул къагӏидаби лъалев, жиндирго гӏелмуялъул, тӏахьал цӏалиялдалъун, культураялдалъун ва чӏванкъотӏараб масъалаялъул кумекалдалъун, хӏаракатги бахъун мурадалде шварав чи. Лъай бугев чияс сундулъго балагьичӏого сверухъ бугеб дуниял лъазе жигар бахъула. Гьесда лъикӏ лъазе кколаро, масала, чан элемент бугеблъи Менделеевасул таблицаялда, амма гьесул букӏине ккола химиялъул хӏакъалъулъ гӏаммаб лъай. Гьединав чиясе бигьаго букӏуна бокьараб сверухълъиялда.\nГьединго лъай бугев чиясда батӏи-батӏиял сектабаз асар гьабуларо, щай гурелъул гьесда лъала битӏараб лъай тӏад бухьулеб пикруялдаса батӏа гьабизе. Гьес цӏеха-рехон балагьула,анализ-пикру гьабула бихьарабги рагӏарабги жоялъул. Нилъер гӏумруялда цӏакъ кӏудияб кӏвар бугеб жо буго лъай. Ва гьединго кинан нилъеца нилъерго гӏумру тӏамилеб нилъеда бараб буго. Гьединлъидал лъай тӏалаб гьабиялъе кӏвар кьезе ккола. Нилъеда кӏочене бегьуларо нилъер гӏумру нилъеда бан бугеблъи!\nМухӏамадова Мальваина. ДГУялъул журналистазул отеделениялъул 3 курсалъул студент"}
{"slug": "9074-vatianalda-san-gabichieb-rubol-zhavgar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9074-vatianalda-san-gabichieb-rubol-zhavgar", "title": "Ватӏаналда сан гьабичӏеб Рубол жавгьар", "date": "2020-07-24 08:52:11", "categories": ["rel"], "text": "Жамиля ДАГИРОВА,\nискусствоялъул тарихчӏужу, Кавказалъул рагъул заманалда Ф. Рубол творчествоялъул ва гьесул панорамаялъул тарихалъул цӏех-рехчӏужу.\nИсана 1 июналда 130 сон тӏубана машгьурав художник Франц Рубоца «Штурм Ахульго» абураб сурат-панорама бахъаралдаса.\nГьелъул хӏакъалъулъ лекциял цӏализе байбихьана Дагъистаналъул Миллияб музеялъ Инстаграмалда бугеб жидерго гьумералдасан ва You-Tube каналалдасан. Тӏоцебесеб лекцияги тӏобитӏана 5 июлалда.\nКида бахъараб суратдай гьеб букӏараб? Кинаб къисмат гьелъул ккараб? Гьединал суалал гӏемер рижула Рубол гьеб сураталъухъ балагьидал.\nГӏурусазул би чорхолъ бугев парангав Франц Рубоца (1856-1928) 1890 соналъул май моцӏалда Мюнхеналда, гьалмагъзабазда ва кумекчагӏазда цадахъ рагӏалде бахъинабураб хӏалтӏи ккола «Штурм аула Ахульго» абураб сурат. Гьелъул борхалъи буго 12 метр, халалъи — 120 метр.\nГьениб бихьизабун буго Кавказалъул рагъул бищунго захӏматаб мех – гӏурус пачаясул аскаралъ 80 къоялъ сверун ккун букӏараб Ахӏулгохӏде гьабураб тӏаде кӏанцӏи. Гьелде щвезегӏанги Кавказалда хурхараб микьго кӏудияб сурат бахъун букӏана Рубоца.\nГьеб магӏнаялда рахъарал суратазда гьоркьоб бищунго щвалде щвараблъун авторасги гьесул махщелцоязги рикӏкӏунаан «Взятие Ахульго 22 августа 1839 года» абураб сурат. Гьеб бахъун букӏана 1888 соналда.\nДоб заманалда панорамаби рахъи модаялда букӏана Европаялда, хасго Германиялдагун Франциялда. Гьелъги тӏаса бищун батила Рубоца панорама бахъиялъул къагӏида.\nГьединал панорамабазда рихьизарулел рукӏана тарихиял, культуриял хӏужаби, тӏабигӏат ва цогидабги.\nМюнхеналда цӏакъ машгьурав чи вукӏана Рубо. Гьединлъидал, панорама бахъизе хӏажатаб ххамги, релъеналги, кумекалъе рачарал художниказе кьезе гӏарацги хехго батунги буго гьесда.\nГьес сурат бахъулелъул жиндирго пикру загьир гьабун буго Мюнхеналдаса банкирал Шойер ва Макс Шмедереразе. Гьеб киналъего хӏажалъулаан 35000 гъурущ. Гьелда гьоркьоса 15000 гъурущ гьесие кьун буго банкираз. Хутӏараб къарзалъ босула. Абула немцазе кутакалда интерес букӏанин гьеб сураталъулилан.\nТифлисалда биччалеб «Кавказ» газеталда, 1889 соналъул 2 августалда, гьадин хъван буго:\n«Мюнхеналдаса цо предпринимателас квербакъизе буго кутакалда кӏудияб панорама бахъиялъе. Гьелъие сюжетги босулеб буго Кавказалъул рагъулабгун тарихияб музеялъе Рубоца бахъараб «Штурм Ахульго» абураб сураталдаса.\nРагъ ккараб бакӏги бихьизе, доб сураталда гъорлъе росичӏого хутӏарал гӏиси—бикъинал хӏужабиги хӏисабалде росизе художниказ Кавказалде сапар бухьана ва Дагъистаналде, рагъ букӏараб бакӏалде, ана», -ян.\nПанорама бахъана щуго моцӏида жаниб. 1890-1892 соназда гьеб бихьизабуна Мюнхеналдагун Парижалда.\nГьебги босун Европаялъул цогидаб шагьаразде айин абулеб букӏун буго Рубода ишцояз. Амма гьесие бокьула панорама Россиялда бихьизабизе. Гьедин, 1896 соналда регент Луитпольд Баварскиясул квербакъиялдалъун, панорама кӏвана Нижний Новгородалда, Тӏолгороссиялъул художествиябгун промышленнияб ярмаркалда бихьизабизе. Гьелъухъ балагьизе вачӏун вукӏана император Никӏалай Кӏиабилевги.\nКватӏичӏого панорама босана Россиялъ ва Кавказалъул рагъулаб округалъухъе кьуна.\n1897 соналда гьеб босана Тифлисалде. Гьениб букӏараб Реццалъул Кӏалгӏаялда аскӏоб гьелъие хасаб павильон базе кколаан. Амма гьеб бачӏо ва гуризеги гурун панорама музеялъул подвалалъуб бегун тана 1909 соналде щвезегӏан.\nЖивго тӏад хӏалтӏараб сураталъул къисматги бихьун, Рубоца хӏалбихьула гьеб гӏадамазда бихьизабизелъун къватӏибе бахъизе. Гьес къотӏи гьабула Севастополалъул нухмалъиялъулгун. Гьениса Петербургалде, императорасда бихьизеян, босула гьесул «Оборона Севастополя» абураб цогидаб панорама. Хадуб Рубоца къотӏи гьабула Санкт-Петербургалде гьеб цояб панорама босиялъеги. Марсово поле абураб бакӏалда гьелъие павильонги бана, 1911 соналъул ахиралдаса байбихьун гӏадамазда бихьизабулебги букӏана гьеб.\nДагъистаналъул Изобразительнияб искусствоялъул музеялъул директор Патӏимат Хӏамзатовалъулги хӏалтӏухъабазулги кумекалдалъун, хӏалицаго къачӏазе кӏвараб гьеб панорамаялъул лъабго фрагмент бихьизабуна халкъалда гӏицӏго 1991 соналда. Гьелдаса нахъе лъабабго фрагмент жакъалъагӏанги музеялдаги буго.\nГьелде щвезегӏан щибха ккараб?\nРеволюциялдаса хадуб, 1922 соналда, панорама Петербургалда, Павловасул казармаялъул рагьтӏе рехун тун батана, гьебгиха -бакӏ-бакӏалдасаги тӏутӏун. Гьеб мехалда артиллериялъул музеялдеги кьун, гьелъул хӏалтӏухъабаз гӏезегӏан берцинго бацӏцӏадги гьабун, гуризеги гурун, музеялъул гьороб лъуна.\n1924 соналда зарал ккана гьелъие лъим кӏанцӏиялъул хӏасилалда. Хадуб музеялъул хӏалтӏухъабаз бакъвазе бана гьеб ва лъагӏалидасан кӏалъан рачӏана гьелъул бицун Дагъистаналде. Гьелъул хӏасилалда, 1928 соналда, Рубол панорама республикаялъул Краеведазул музеялде битӏунги бачӏана.\nЛъай кьеялъул нарком Гӏалибег Тахо-Годиги музеялъул директор Дмитрий Павловги кигӏан къеркьаниги, панорама хвасар гьабизе кӏвечӏо.\n1934 соналда художник Н. Христенкол нухмалъиялда гъоркь Москваялдаса бачӏараб комиссиялъ хӏукму гьабуна, «техникиял хӏажалъабазе гӏоло чанго фрагментги къотӏун, гьеб сурат утилалде кьезе». Гьедин гьеб лъабабго кесек (30,6 кв.м.) музеялъул бищун рикӏкӏад бугеб бокӏнилъе рехун тана.\n1960 соналъул байбихьуда республикаялда рагьана Изобразительниял искусствабазул музей. Гьелъул директорлъунги тӏамуна Патӏимат Хӏамзатова. Панорамаялъе хӏукму къотӏулеб мехалда цере рукӏарал музеялъул хӏалтӏухъаби чӏаго рукӏаниги, гӏицӏго Аскар-Сарыджа абулев художникас гурони бицун гьечӏо директоралда нахъе къотӏун лъурал фрагментазул хӏакъалъулъ. Патӏиматица байбихьана гьелъул цӏех-рех гьабизе ва 1970 соналда лъана гьел лъураб бакӏ. Гьороре рехун ратарал фрагментал «сах гьаризейин» абуни къваригӏана 20 сон.\n1929 соналда музеялъул директорлъун вукӏарав Д. Павловас, панорамаялъухъ хал гьабулаго, хӏукму гьабун буго гьеб хвасар гьабизе кколин ва бихьизабизе цебе лъезеги бегьулин абун. Амма кӏун гьечӏо яги бокьун батичӏого букӏинеги рес буго.\n1932 соналда профессор Городецкияс лъазабун буго нилъер заманалде данде кколареб идеология бугин Рубол, гьединлъидал, панорамаялъе реставрация гьабиялъул биценго букӏинеги кколарин."}
{"slug": "9086-k-urbank-oyal-ul-khiral-i-va-tiokil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9086-k-urbank-oyal-ul-khiral-i-va-tiokil-i", "title": "Къурбанкъоялъул хиралъи ва тӏокӏлъи", "date": "2020-07-27 13:30:35", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьале тӏаде щвана цоги рахӏматалъул моцӏ — Зулхӏижа. Гьелъул хиралъиялъул бицани, гьеб моцӏалъ борхула бусурбабаз Хӏеж, хъола Къурбан, бачуна зикру, такбир, Гӏарафа къоялъ цӏалула 1000 Къулгьу.\nКъурбан хъвеялъул бугеб хиралъиялъул, цогидал байрамазда цебе гьелъул бугеб тӏокӏлъиялъул, Къурбан хъвеялъулъ цӏунизе кколел адабазул ва гьел гурел цогидалги шартӏазул нижее бицана Динияб идараялъул дагӏват гьабиялъул отделалъул Махӏачхъалаялда бугеб бутӏаялъул нухмалъулев Даниял Гӏумаиловас.\nАлжаналъуса бачӏараб куй\n— Даниял, Къурбан хъвеялъул тарихалде раккани, нилъеда лъала Ибрагьим аварагас вас Исмагӏил Аллагьасе гӏоло Къурбаналъе хъвезе къотӏи гьабун букӏин ва гьеб къотӏи тӏубазе нияталда гьев къватӏиве вахъиндал ккарал хӏикматазул. Гьелъул хӏакъалъулъ дагьаб гӏатӏидго бицани бокьилаан.\n-Ибрагьим авараг (гӏ.с.) васги гьавуларого, гьесухъ гӏащикъго вукӏиналъ, ячун йикӏана гьес Хӏажар абурай жиндирго гъараваш. Гьелъ гьавула гьесие Исмагӏил. Амма гъоркь йикӏарай чӏужу Саратил гьелдехун рокьукълъи бижулеб букӏиндал, Ибрагьим аварагас Аллагьасдаса гьарула Хӏажар нахъе йиччазе изну.\nКъурбан хъвеялъул гӏид тӏубанго бухьараб буго Хӏежалъул заманалда. Хӏажизабазда лъала Кагӏбаялдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого бугеб Сафа-Марва абураб бакӏ. Гьений йикӏаго, къечалъул хӏал цӏикӏкӏун, дое-гьание екерула Хӏажар анкьго нухалъ, цинги Аллагьасде гьабулеб гьариги рагӏун, ракьулъа кӏанцӏун бачӏуна ицц – Зам-Зам. Анкьго нухалъ гьей дое-гьание екериялъул мисал хадуб лъугьана, Мухӏамад (с.т.гӏ.в) аварагасдасан нилъехъе бачӏараб хӏежалъул рукнулъун, киналго хӏажизабазги гьабула гьебго.\nЗаманалдаса Ибрагьимиде Аллагьасул амру бачӏуна вас Къурбаналъе хъвейилан. Гьеб къотӏи тӏубазабизе щулияб нияталда вукӏуна гьевги. Хӏакълъунго, Къурбан хъвеялъул тарихалъулъ буго нилъее кӏиго мисал, кӏиго дарс. Тӏоцебесеб, рухӏгӏанги жиндие хирияб рижи букӏаниги, Аллагьасул амру тӏубазе гӏоло гьев Къурбаналъе хъвезе хӏадурго вукӏарав эмен Ибрагьимги, жив хъвезехъин вукӏин лъалаго гьелдаса инкар гьабичӏого, Аллагьасул амруялъе мукӏурго хутӏарав вас Исмагӏилги. Тӏадегӏанав Аллагьасеги гьесул Къурбан хӏажат букӏинчӏо, гьеб кинабго букӏана гьес Ибрагьимил гӏакъидаялъул хӏалбихьизе ургъунго гьабураб иш. Гьелдаса Бетӏергьанги разиго хутӏана.\nАллагьасе мукӏурго инсуда цадахъ унев Исмагӏил битӏараб нухдаса таризавизе хӏалбихьун гӏемераб къеркьана, Аллагьас нагӏана кьураб илбисги. «Мун Аллагьас хъвезе вачунев вугин, унге»,-ян Исмагӏил вуссинавизе хӏаракат бахъулеб букӏана гьелъ. Амма Аллагьасул ният гьединаб батани, жив гьелда рази вугилан Исмагӏилица гьелъухъ гӏинцин тӏамичӏо. Гьеб нахъе бачахъизе бокьун, гьелда чӏимхалги речӏчӏана гьес. Гьеб, ай чӏимхал речӏчӏиги лъугьана хӏежалда арабго нилъеца тӏубазабулеб рукнулъун.\nГьединго, кӏудияб хӏикматлъун буго Исмагӏил хъвезелъун, Ибрагьимица гьесул горбода нус бахъидал, нусалъ гьесул гьан къотӏизе инкар гьабиги. Гьелда ццим бахъун Ибрагьимица нус гӏодоб речӏчӏула. Гьеб мехалда нусалъ абула: «Дур ццим бахъиналъе гӏилла дида бичӏчӏуларо, кин дица къотӏилеб Ибрагьимил габур, Аллагьас диде къотӏугеян амру гьабун бугеб мехалда. Гьесул гьан хӏарам гьабун буго дир балалъе», -абун.\nНилъеда бичӏчӏизе ккола Аварагзабазул хӏакъалъулъ къисаби, нилъее батӏи-батӏиял биценаздалъун загьир гьарун ругониги, гьезул кьучӏ, аслу цо букӏин. Гьединго, цо-цо бакӏазда буго Ибрагьимица нус бахъун букӏинчӏин абунги. Жиндир баркат нилъее щваяв Чӏикӏаса Кӏудиясул тӏехьалда буго гьеб киналъулго бицун: гьес нус бахъун хадуб гьелъ къотӏизе инкар гьабиги, носоца Ибрагьимидехун гьабураб каламги. Гьенибго буго Исмагӏилихъ хисун, Къурбаналъе хъвезе Алжаналъуса куйги бачун Жабрагӏил малаик витӏун вачӏиналъул биценги. Гьеб куй букӏанин, жиндир заманалда Адамил вас Гьабилица Аллагьасе садакъа гьабураб, гьес зодобе бачун хадуб Алжаналъуб хьихьун букӏуна гьеб, Исмагӏилихъ хисун Къурбаналъе хъолеб къо тӏаде щвезегӏан. Кинниги, Сагӏид-афандиясул (къ.с.) тӏехь бугелъул гӏемерав чияс цӏалараб ва магӏна босараб, нилъецаги гьелда бугеб биценалде мугъчӏвай гьабуни лъикӏаб букӏина.\nМацӏ лъалареб боцӏи\nкӏиго нухалъ чӏваге\n— Къурбан хъвеялъулъ цӏунизе кколел адабал кинал ругел? Бищунго хъвезе лъикӏаб хӏайван щиб кколеб?\n-Имам Шафигӏиясул мазгьабалда Къурбан хъвей цӏакъго хирияб, беццараб ишлъун бихьизабун буго. Амма тӏадаб парзлъун гьабун гьечӏо. Хъвезе лъикӏаб хӏайван ккола гӏиялъажо, оц яги гӏака, гьединго вараниги. Гьезда гьоркьосаги бищун хирияб буго гӏиялъажо хъвезе, щай абуни, Къурбаналъе оц ялъуни варани хъвезе бегьула анкьго чиги гӏахьаллъун, гӏиялъажо хъвезе бегьула цо чиясдаса. Амма цо чиясдасан гӏиялъажо хъвезе хирияб буго, анкьго чиясдасан варани ялъуни гӏака-оц хъвеялдасаги. Гӏиялъажоялда гьоркьобги бищун лъикӏаб буго хъахӏаб куй хъвезе. Хъолеб хӏайванги букӏине ккола сахаб, кьарияб, унта-щокълъи гьечӏеб, лага камичӏеб. Мисалалъе, гӏуж балаго бащдаб гӏин нахъе босараб ялъуни бацӏица лъукъун бащдаб рачӏ тӏураб лемаг бугони, гьеб Къурбаналъе хъвезе бегьуларо.\nКъурбан хъвезе бищунго беццараб буго тӏоцебесеб гӏидалъул къоялъ ва гьединго гьелда хадуб бачӏунеб лъабго къоялъги. Гьездаги абула «Аямул Ташрикъалъул» къоялилан. Нилъеда лъала, кӏалбиччаялъул гӏидалъул къоялъ как базе унаго чамасдакӏги кванан ани беццараб бугеблъи. Къурбан къоялъ беццараб буго, радал вахъиндал щибго тӏагӏам квинчӏого чӏей, ай гӏидалъул как бан лъугӏун хадуб къурбаналъул гьан квинегӏан.\nГьединго, беццараб буго, мисалалъе, Къурбаналъе бичун босулеб чахъу яги куй бугони, бетӏергьанас абураб багьаги кьун, ракӏ разиго даран гьаби.\nГьаниб бицинчӏого гӏоларо, къурбан хъолелъул цӏунизе кколел адабазулги. Хъвезе бачунеб хӏайваналдаса нус бахчизе, гьединго кӏиго я цӏикӏкӏун гӏиялъажо хъвезе бугони, хутӏаразда бихьулареб хӏалалъ, батӏаги бачун хъвезе беццараб буго тӏоцебе горбода нус бахъулеб хӏайван. Свалат-салам лъеяв а варагасги а бун б уго: « Нужеца Къурбаналъе хъолеб хӏайван кӏиго нухалъ чӏваге», -абун. Гьелъул магӏна буго цин жиндирго берда цебе гьалмагъги хъун, кӏудияб захӏмалъиги чӏамизабун гӏазаб кьогейин, хадуб жибгоги хъвезе бугеб хӏайваналъейин абураб. Гьединго, лъикӏаб гьечӏо хъвезе бачунеб хӏайваналъе зулму гьабун, хадуб бехъерхъун, малал ран гӏакъуба кьезеги. Хӏал кӏванагӏан недегьаб бербалагьи букӏине ккола гьелдехун. Цӏакъго кӏвар кьезе кколеб бакӏ буго горбода нус бахъулеб мехалъ цӏунизе кколеб адабалъулги. Рекӏинчӏеб нусги хӏалтӏизабун, чед къотӏулев чияс гӏадин тӏатӏала лъулъазабизе карагьатаб буго. Лъикӏго рекӏинабун, цо нухалъ бахъарабго габур къотӏун рехуледухъе рекӏун букӏине ккола нус. Хъолеб хӏайван гӏазаб-гӏакъубаялдаса цӏуни буго гьеб киналъулго мурад. Гьел бакӏал цӏакъ кӏвар кьун хӏисабалде росизе ккола нилъеца.\nКъурбан хъвей цӏакъ хирияб суннатаб иш бугеблъи бицана, амма Къурбан хъвезе рес гьечӏого вугев чиясе беццараб буго къавудаса би баккизабун цо хӏелеко хъунги гьеб къоялъул хӏурмат гьабизе. Амма чара гьечӏого бичӏчӏизе ва лъан букӏине ккола гьеб жо Къурбан кколареблъи, гьеб буго гӏурус мацӏалъ абуни, символическияб къагӏидаялъ гьабураб гӏуж-куц гӏадаб жо.\nКӏалбиччанкъоялдасаги\nхиралъи тӏокӏаб\n— Къурбаналъул гӏид исламалъул цогидал байрамаздасаги хира гьабун бугин Тӏадегӏанав Аллагьасилан бицуна гӏалимзабаз. Амма гьитӏинаб мехалъ дидаго кколаан Кӏалбиччаялъул байрамалдасаги хирияб байрам батиларилан. К ъурбанкъо г ьедин т окӏ гьабиялъе гӏилла щиб?\n-Кӏалбиччаялъул байрамалде нилъ ругьунлъун руго соналдаса соналде чӏухӏарал тепсиял къачӏан, гӏемерал нигӏматал хӏадурун, сайгъатал росизе гӏарац харж гьабун. Амма гьеб шаргӏалда беццараб жо гуро. Узухъда, кӏалбиччаялъул гӏид кӏодо гьабизе, гьалбадерие тӏагӏам хӏадури буго лъикӏаб иш, амма щибаб жоялъул букӏунаха жиндирго гӏорхъи. Цӏакъго тӏокӏборчӏарабги, цӏакъго мукъсанаб куцалъ гьабурабги рекъоларо. Кӏалбиччаялъул гӏидалъул байрам нилъеца къабул гьабизе бегьуларо, Рамазан моцӏ лъугӏиялдаса бугеб рохел гӏадин. Хӏадисазда ва гьединго тӏахьазда буго кӏал кквеялъул моцӏ тӏаса иналдаса рохел загьир гьабиялъ кӏудияб мунагьалде рачине рес бугин. Жибго нилъ ругьунлъун руго кӏалбиччанкъоялъ хасго лъималазе букӏунеб аваданлъиялдаса, рокъо-рокъоре хьвадун тӏобитӏулеб букӏиналъ, гьеб кӏудияб байрам бугин абураб жоялде. Къурбаналъул гӏидалъул хиралъиялъул бицани, гьеб къоялъ хӏеж борхула ва байрам халат бахъуна жеги ункъо къоялъги, Къурбаналъул гьанги щола мискин-пакъирасе. Гьеб ккола хӏатталдаса ун гӏемераб кири щолеб ишги. Гьел мисалал гӏола цогидал байрамазда гьаркьоб Къурбаналъул гӏидалъул даража бичӏчӏизе.\nИсламалъ боцӏи чӏваларо…\n— Даниял, ахираб заманалда цӏакъ чӏаголъун ругин абизе бегьула хӏайванал цӏунулезул багъа-бачариял. Бусурбабазул байрам бугилан, габуниб нусги лъун Аллагьас бижараб рухӏчӏаголъи гӏумруялдаса батӏа гьаби бичӏчӏизе инкар гьабулеб буго гьез. Гӏемерал гьечӏониги нилъер республикаялдаги руго гьезул пикруцоял. Гьединазда хурхун щиб абилеб?\n-Гьединал кӏалъаялги дандечӏеялги загьирлъиялъе гӏурал ресал кьолел руго дагӏба-рагӏи хӏабургъине бокьарал чагӏаз. Цо кибалиго инжитаб куцалъ, хадубги бехъерхъун чахъу хъунила, хъулухъ гьечӏелщинал хъвай-хъвагӏаялги гъоркь рекӏинарун риччарал мисалаз хӏабургъинабулеб буго кинабго. Гьедин батани дагьалги рикӏкӏаде щай гьел раккуларел? Дора Испаниялда щибаб соналъ гӏадамазул рекӏелгъеялъе гӏоло къецалги гӏуцӏун гӏакъуба кьола бугъбузе. Гьединалго мисалал гӏемер дандчӏвала Европаялъул пачалихъазда. Амма нилъеца чӏалгӏадего, ургъун рахъун мацӏ лъалареб хӏайваналъе гӏакъуба кьолеб гьечӏогури гьез гӏадин. Нилъеца гӏиялъажо хъолеб буго, гьан бикьула гьелде хӏажатав нус-нус мискин-пакъирасе, Африкаялъул пачалихъазде гӏунтӏунги щолеб буго гьелъул садакъа. Жакъа гьан кваназе бегьуларилан цо тайпа чӏунилан, тӏолабго гӏаламалъ гьанадаса инкар гьабуларо. Гьан квине шаргӏалъ гьукъун гьечӏо, амма гьеб квине ккани хӏайван хъвечӏого гӏоларо. Нилъеца хӏайван зулму гьабун чӏвалеб гьечӏо, аза-азар соназ цебе нилъеда аварагас бихьизабураб мисалги хӏалтӏизабун хъолеб буго. Гӏакълу бугев чиясе гьелда жаниб гӏураб дарсги мисалги буго."}
{"slug": "9087-dir-komanda-tsadakh-khialtiulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9087-dir-komanda-tsadakh-khialtiulel", "title": "Дир команда – цадахъ хӏалтӏулел", "date": "2020-07-27 13:42:05", "categories": ["med"], "text": "Медицинаялъул хӏалтӏухъабазул къоялда цебе, Хасавюрт шагьаралъул ЦГБялъул бетӏерав тохтур Титалав Хираевгун дандчӏвана цолъизабураб «Гьудуллъи» газеталъул бетӏерав редактор Шайхмухӏамадов Мухӏамадрасулги газеталъул мухбирзабиги. Гьаб ахираб заманалда коронавирусалъул пандемия тӏибитӏиялда бан ккарал цо-цо лъугьа- бахъиназда тӏасан гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.\n— Титалав, гьабсагӏат стационаралда регаразул щиб хӏал бугеб?\n-Унти тӏадбараб заманалда сордо-къоялда жаниб нижехъе вачӏунаан 30-40 унтарав. Сон вачӏана 4 чи. Гьеб ккола лъикӏаб хӏасил.\n— Гьеб унтуде данде къеркьеялъул мурадалда, кинаб хӏадурлъи гьабун букӏараб шагьаралъул ЦГБялъ?\n-Гӏезегӏан захӏматаб хӏал букӏана. Нижее кумек гьабуна ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъги. Медицинаялъул тӏолалго идарабиго гӏадин, нижги хӏадурго рукӏана эпидемиялде данде рагъ базе. Амма хӏасил ккана хӏадурлъиго гьабун букӏинчӏеб гӏадинаб. Щайин абуни, лъиданиги лъалеб букӏинчӏо гьелъул кӏодолъи ва захӏмалъи. Кин батаниги, ресазда рекъон, нижеца гӏураб хӏалтӏи гьабуна.\nНижее кумек гьабуна Халкъияб собраниялъул депутат Висампаша Ханалиевас, вацал Гӏумахановаз. Гьединго, баркала буго шагьаралъул администрациялъе ва шагьаралъул бетӏер Зайнудин Охъмазовасе. Администрациялъул къайимлъиялда гъоркь гӏуцӏараб гӏарцулаб фондалъ квербакъана тохтурзабазе хӏажатаб кумек щвезе. Гьеб ишалъулъ жидерго бутӏа лъуна волонтеразги, цӏар загьир гьабизе бокьичӏел сахаватал гӏадамазги.\nДир тӏоцебесеб масъалалъун букӏана гъункараб коллектив данде гьаби. Щиб захӏмалъи тӏаде бачӏаниги, нухмалъулев вукӏине ккола жиндирго командагун цадахъ. Дунгоги вукӏана унтун. Дидаги кӏолаан Россиялъул яги Европаялъул бокьараб клиникаялде ине. Амма инчӏо, щайгурелъул, гьелдаса хадуб кин дун валагьизе вукӏарав дирго хӏалтӏухъабазул бадиве? Гьелги рукӏаралъулха унтун.\n— Гьеб хӏалуцараб заманалда медицинаялъул хӏалтӏухъабаз ракӏ бацӏцӏадго тӏубазабуна тӏадаб налъи. Гьезул хӏалтӏуе къимат кьун, ругищ гьезие рихьизарурал шапакъатал яги сайгъатал?\n-Улкаялъулго даражаялда кӏодо гьаруралги ккана. Гьединго, кӏвараб хӏаракат бахъун хӏалтӏарал нижецагоги кӏодо гьаризе руго ФОМСалъул сурсатаздасан. Цо-цоязе кьуна гӏарцулал шапакъаталги. Гьел дица рикӏкӏуна унго-унгоял бахӏарзаллъунги. Къварилъи ккедал лъала мугъчӏвай гьабизе бегьулевги бегьуларевги чи. Гьел ккола дир командаялъул хӏубал. Гӏарцул бицен ккедалги, гӏемерисел хӏалтӏухъабаз абуна жал гӏарцуе гӏоло хӏалтӏарал чагӏи гурилан.\n— Лъазе бокьилаан хваразул къадарги.\n-Тӏад бан унти бугеб заманалда медперсоналалъе цӏакъ захӏмат букӏана дару-сабаб гьабизе. Реанимациялда регаразе къваригӏуна хасаб бербалагьиги тӏадчӏейги. Гьединлъидал, ккана больницаялда регарал къадаралде щвеялъул хӏужабиги.\n— Заманалда «хехаб кумекалъул» бригада бачӏунеб букӏинчӏолъиялъе гӏилла щиб букӏараб?\n-Гьезде гӏайиб гьабизеги бегьуларо. Гьел хӏалтӏулел рукӏана цӏакъго захӏматал шартӏазда. 150 азарго чияс гӏумру гьабулеб шагьаралъе хъулухъги гьабун, цо машинаялъ кумекалдалъун хьезавизе кколаан 1000 чи.\n«Хехаб кумекалъул» станциялда букӏине ккола 35 машина. Хӏакъикъаталдайин абуни, буго 13 машина, гьелги басриял. Гьелде тӏадеги, руго пациентал рокъорго сах гьаризе бегьулел, руго захӏматго унтарал, амма больницаялда регизе инкар гьабулел. Гьелъул гӏаксалда, рокъобго дару гьабун хӏебтӏулез гӏарз бахъулеб буго жал больницаялда регизарулел гьечӏилан. Гьединлъидал, щибаб гӏарзалъул хал гьабизе ккола батӏа-батӏаго.\n— Гӏемер рукӏуна нужер хӏалтӏул захӏмалъиги лъаларел, медицинаялъул хӏалтӏухъабаздаса разиги гьечӏел гӏадамал. Гьеб хӏалтӏуе къимат кьезе лъалел махщелчагӏаз ЦГБялъул хӏалтӏи кинаблъун рикӏкӏунеб?\n-Пандемиялъул заманалда Дагъистаналде бачӏана щуго эксперталъулаб комиссия. Гьел щвана щибаб шагьаралде. Лъикӏаб къимат кьуна Хасавюрт шагьаралъул больницаялъул хӏалтӏухъабаз диагноз лъолеб ва дару гьабулеб къагӏидаялъе.\nМасала, больницаялъул хӏалтӏухъабаз кинаб букӏаниги мекъаб иш гьабун, хъачӏго кӏалъан ватани яги кколеб даражаялда унтарав къабул гьавун ватичӏони, гьел рачӏине бегьула дихъе. Хӏакъикъат лъазабичӏого дица теларо. Амма дихъ ругел хӏужабазда рекъон, гӏарзабазул 80 процент хӏакъикъиял кколаро. Нижер хӏалтӏулъ ругел гӏунгутӏаби рихьизарулезе баркалаги буго. Гьез нижее кумек гьабула хӏалтӏи битӏун гӏуцӏизе.\nЦеречӏарал масъалаби гӏемер руго. Цӏи гьабизе ккола материалиябгун техникияб база. Хӏалтӏизе ккола коллектив щула гьабиялда, унтаразулгун бухьен чӏезабиялда тӏад. Цогидал тӏалабазда гьоркьоса бищунго кӏвар цӏикӏкӏараблъун дица рикӏкӏуна ишцоязе рекъараб харж букӏинаби.\n— Гьеб заманалда жаниб кинаб хӏалбихьи щвараб больницаялъул нухмалъулесеги персоналалъеги? Кинаб букӏараб база материалиябгун техникаялъул рахъалъ?\n-Материалиябгун техникияб база буго басрияб. Шагьар буго кӏодолъулеб. Районаздаса нижехъе рачӏунел гӏадамалги цӏакъго гӏемер рукӏуна. Хехал шартӏазда хӏалтӏизе ккеялъ рихьизаруна нижерго загӏипал рахъалги. Мисалалъе, кислородалде цӏакъго хӏажалъи ккараб мехги букӏана. Дагьабниги заманалъ гьеб гьечӏого хутӏани, цадахъго 50-60 чи хвезе ресги букӏана. Баркала буго Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъе, гьенисан нижее тӏадеги кьуна газогенераторалъул бочка. Москва шагьаралъул Комунаркаялъул бетӏерав тохтур Денис Проценкоеги бокьана нижер реанимациялъул отделениеги лабораторияги. Реанимациялъул отделениялда гьабуна капиталияб ремонт. Гьенив цого заманалда сах гьавизе бегьула 12-13 унтарав. Щибаб кроваталде бачун буго инсанасул гӏумру хвасар гьабиялъе хӏажатаб система. Монитор нижер гьечӏо, рагӏи кьун буго гьеб босизе. Гӏарац биччан буго «Сименс» аппарат босизеги. КТялъул алатазул букӏана захӏмалъи. Къойида жаниб 150 чиясул хал гьабизе кколеб букӏана. Гьебин абуни буго басралъараб.\nАмбулаторияб сах гьариялда вукӏана 402 чи, сахлъана 199, сахлъулев вуго 126 чи. Гьединго, рукӏана захӏматго унтарал чагӏиги. Коронавирусалъул унти нилъее ккана унго-унгояб рагълъун. Гӏадатияб рагъда фронтги, тылги, тушманги рихьула, лъала кир ругелали. Гьанибин абуни лъалеб гьечӏо щалгун рагъулел ругелали, вихьулев гьечӏо тушман. Гьединлъидал, нилъер букӏине ккола цолъиги, гъункиги, сабруги, гӏодоре риччайги. Дир гӏемер руго жидедаса мисал босизе мустахӏикъал, къадру-къиматалда хьвадулел, берцинаб гӏамалалда гӏумру тӏамулел дин батӏиял гьудулзабиги. Бусурбабазда гьоркьор мекъи хьвадулел гӏадамал рихьараб мехалда, кутакалда рахӏат хвезабула. Нилъ руссине ккола Бетӏергьанасде. Нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалда малъизе ккола нилъ щай рижарал, кин хьвадизе кколебали. Ритӏизе ккола гьел батӏиял пачалихъазде цӏализе, гьудуллъи щула гьабизе, гьезул гӏадамаздаса лъикӏаб мисал босизе. Дир гьадинаб къокъаги, кумек гьабулелги рукӏинчӏелани, нижее цӏакъ захӏмат букӏинаан гьаб унтуде данде чӏезе. Кида-къадги нилъер щивасда тункизе бегьула гьеб. Гьединлъидал, рукӏине ккола цолъун.\n— Титалав, бокьилаан газета цӏалулезе малъа-хъваял гьаризеги.\n-Тӏоцебесеб иргаялда, цӏодорлъи гьабизе ккола. Цӏуне цоцазда гьоркьоб манзил. Хасалихъе коронавирусалъул унтиялъул букӏине бегьула кӏиабилебги этап. Гьединлъидал, тӏад чӏей гьабе иммунитет борхизабиялда, цӏуне рацӏцӏалъи. Рокъор чӏун рукӏинчӏого, зама-заманалда рахъа къватӏире, цӏияб гьаваялде, кӏванагӏан гӏемер чуре кверал, гьумер, кӏал, мегӏер. Нилъер диналъ чанго гӏасруялъ цебего тун руго нилъее вирусалде данде чӏолел малъа-хъваял – къойида жаниб щуго нухалда какие чури.\nДица дирго гъункараб, махщел камилаб, инсанасул сахлъи цӏунизе тӏаде босараб коллективалъе цоги нухалда кьола баркала. Унтарасе кумек гьабизе, гьев сах гьавизе лъайги хӏалбихьиги бугеб гӏоларо. Букӏине ккола рухӏияб бечелъи, рекӏел бухӏи ва гурхӏел. Букӏине ккола берцинаб, хӏеренаб рагӏудалъун гӏадан сах гьавизе махщел. Гьеб кинабго бугин абизе бегьула нижер больницаялда хӏалтӏулелщиназул рекӏелъги бидулъги бессун."}
{"slug": "9088-khalk-al-ul-khiazhal-abi-khiisabalde-rosula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9088-khalk-al-ul-khiazhal-abi-khiisabalde-rosula", "title": "«Халкъалъул хӏажалъаби хӏисабалде росула»", "date": "2020-07-27 13:54:29", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул экономикаялъулгун социалияб цебетӏеялъул министр Хӏажи Султанов дандчӏвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьес бицана «ДРялъул мугӏрузул ракьазул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ» абураб ДРялъул пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ.\nРехсараб программаялда рекъон ва бизнесалъе кумек гьабиялъул мурадалда гӏумруялде рахъинарулел проектазул хӏакъалъулъ бицунаго, Хӏажи Султановас рехсана гьадинал баянал: «Мугӏрузул ракьлъун рикӏкӏуна ралъдал гьумералдаса 500-ялдаса цӏикӏкӏун метралъ борхалъуда бугеб 30 муниципалияб районалъул азаргоялдаса цӏикӏкӏун росу. Республикаялъул халкъалъул лъабил бутӏаялъ гӏумру гьабула гьениб. Республикаялда къабул гьабуна «ДРялъул мугӏрузул ракьазул хӏакъалъулъ» абураб пачалихъияб программа. Гъоркьиса, ДРялъул бетӏерасул тӏадкъаялги хӏисабалде росун, нижеца хӏадурана цӏияб программа. Гьеб гӏумруялде бахъинабизе ккола 2024 сон щвезегӏан. Гьелда рекъон кинал тадбирал гьаризе кколеб абураб суал нижеца дандбана экспертазда ва жамгӏияталъул вакилзабазда. Аслияб куцалда кумек гьабизе буго производителазе», -ян.\nМинистрасул баяназда рекъон, республикаялъулаб инвестициязул программа гӏумруялде бахъинабулаго, гьабсагӏаталда балеб буго нусгоялдаса цӏикӏкӏун проект: лъай кьеялъул 25 идара, школалда цебесеб лъай кьеялъул 11 объект, сахлъи цӏуниялъул – щуго, спорталъулгун физкультураялъул – лъабго ва кӏиго – административияб мина. Гьабулеб буго мугӏрузул росабалъе газгун лъим бачиналъул хӏалтӏиги.\nХӏ. Султановас ракӏалде щвезабуна «100 школа» абураб проектги. Гьелда рекъон 2018-2019 соназда 25 районалъул росабалъ къачӏана 139 школа – гьелда тӏад харж гьабуна 378 миллионгун нусазарго гъурущ. Исана къачӏазе буго 21 районалъул росабалъа 76 школа.\n«Жамгӏиябгун социалияб ва инженерияб инфраструктура цебетӏезабулеб буго «Бакӏалъул пикраби» абураб проекталда рекъон. 2019 соналда мугӏрузул 16 районалда гӏумруялде бахъинабуна 49 проект – гьелде харж гьабуна 170 миллионгун нусазарго гъурущ», -ан бицана министрас.\nМинистрас жавабал кьуна журналистазул суалазеги.\nНизами Хӏажибалаев (ТАССалъул мухбир): «Щиб хӏалтӏи гьабураб гъоркьиса ва чан гъурущ гьелда тӏад харж гьабураб гьарураб?»\nХӏ. Султанов: «Гъоркьиса, мугӏрузул программаялда гӏахьаллъизе субсидиял кьеян абун, нижехъе бачӏана 65 миллонгун щунусазарго гъурщиде 24 проект. Къецалъул хӏасилалда бергьана лъабго проект («Хлебный дом» ООО, ИП Шейхова Патӏимат ва ИП КФХялъул бетӏер Мухӏамадов Тӏалхӏат). Проектазул гӏемерисезда мухӏканго бихьизабун батичӏо гӏарац сунде харж гьабизе бугебали. Рукӏана гьезул магъало кьеялъул рахъалъ къарзалги».\nТимур Гӏалиев («Российская газета»): «Гьекъезе бегьулеб ва ракьал лъалъазе лъим бачиналъул масъалаби хӏисабалде росун ругищ программаялда?»\nХӏ. Султанов: «Лъел ва цогидал инженериял объектал гъорлъе рачун руго Республикаялъул инвестициязулаб программаялде. Араб соналъул ахиралда гьезул хӏакъалъулъ гӏемер бицана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитетазул данделъабаздаги. 2017 соналде дандеккун, гьел ишазде республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон биччан буго ункъо миллиардгӏанасеб гъурущ (2017 соналда букӏана 100-150 млн гъурущ).\nГъоркьиса хӏукму гьабуна лъел объектазул проектазул хӏакъалъулъ. СКФОялъул цебетӏеялъул хӏакъалъулъ программаялда рекъон, Дербенталда байбихьун буго гьеб масъала тӏубазабизе. Цогидал шагьаразеги хӏадурулеб буго проекталъулгун сметаялъул документал».\nКъадир Гӏабдулгӏазизов (РГВК «Дагестан»): «Республикаялда гӏумруялде рахъинарулел руго «Дир Дагъистан» абураб программаялъул проектал. Кинаб проект жакъа рикӏкӏунеб аслияблъун?»\nХӏ. Султанов: «Гьел киналго руго кӏвар бугел. Цӏикӏкӏинабуна гьезде харж гьабулеб гӏарцул къадарги. Масала, «Дир Дагъистан – Дир нухал» проекталъе бакӏазул муниципалитетаздаго тана транспорталъул магъало. Гьеб кинабго хӏалтӏизабизе буго муниципалитетазул нухал къачӏазе».\nДиляра Хӏасанова («Мирмол»): «Мугӏрузул росабалъа гӏадамал гочунел руго гӏатӏиракьалде. Гьеб рахъалъ щиб гьабулеб бугеб?»\nХӏ. Султанов: «Нухги, газги, токги, социалияб инфраструктураги гьечӏони, гӏумру гьабизе захӏмалъула. Аслияб масъала буго хӏалтӏудалъун гӏадамал хьезариги. Гьел масъалаби хӏисабалде росун руго республикаялъул инвестициязулаб программаялда. Ахирал соназда гӏадамал гочин дагьлъун буго. Гьелъие квербакъана «Росдал тохтур», «Росдал учитель», «Бакӏалъул пикраби» абурал пачалихъиял проектазги росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадуриялъе субсидиял кьеялъги».\nМахӏач Вердиев («Дагестан РИА»): «Кида букӏине бугеб конкурс ва кида лъазе ругел гьелъул хӏасилал?»\nХӏ. Султанов: «Пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда ДРялъул республикаялъулаб бюджеталда исана бихьизабун буго 70 млн гъурущ. Гьеб гӏарцухъ тӏобитӏизе буго анкьго тадбир: ункъоялъухъ кьезе буго 50 проценталъул субсидия (лъабго млн гъурщидаса тӏаде унареб) – гьел рукӏине ккола инвестициязул проектал (кванил нигӏматал хӏадурулел алатал роси, гӏисинал теплицаби рай, кванил нигӏматал цӏунулел бакӏал рай, промышленияб къайи хӏадурулеб предприятие гӏуцӏи яги цӏигьаби).\nЛизингалъухъ (хадубккун гӏарац бецӏизеги тун) росдал магӏишаталъул предприятиялъе хӏажатаб техника босизе ккани, предприятиялъ гӏарац тӏаде жубазе ккола техника кьолеб идараялъул капиталалде («Дагагроснаб» ОАОялъе) (10 млн гъурущ).\nПрограммаялда гӏахьаллъиялъул хӏакъалъулъ хитӏабал къабул гьаризе руго августалда. ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, хӏасилал гьарун рахъине ккола 30 октябралде»."}
{"slug": "9090-borkhatab-megier-rikikiadasan-bikhula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9090-borkhatab-megier-rikikiadasan-bikhula", "title": "Борхатаб мегӏер рикӏкӏадасан бихьула", "date": "2020-07-27 15:15:23", "categories": ["insan"], "text": "Шамил районалъул Хучада росулъа Рашид Хӏажиясулов, дунялалда бищун борхатаб Эверест мегӏералъул тӏогьиве вахун вугилан рагӏидал, гьеле унго-унгояв бахӏарчиян ккана ракӏалде.\nКин ва кида гьеб хасият инсанасулъ загьирлъулеб ва кигӏан гъваридго рукӏунел гьелъул кьалбал? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун дица лъай-хъвай гьабуна батӏи-батӏиял заманалъул гӏакъилал гӏадамазул цо- цо абиязулгун. Ва гьезул гӏемерисез бихьизабулеб буго «Бахӏарчилъи» абураб рагӏиялъе гӏагарал рукӏин: бихьинчилъи, хӏинкъи гьечӏолъи, рекӏел къвакӏи, сункьаго бер къаларев, къварилъаби хӏехьон бажарулев, къварилъабазе бетӏер къулуларев, гьезие къуркьуларев ва гӏемерал цогидалги сипатал.\nДагьав цевегӏан телевизоралдасан кӏалъалаго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран Малышкиница абуна: «Жакъа къоялдаги рагьизе кӏвечӏеб балъголъилъун хутӏун буго доб гӏажалаб рагъулъ бергьенлъи босарал бахӏарзазул бахӏарчилъиги къохӏехьейги», — ян. Дидайин абуни, кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиги лъалаго хвалил бадире ралагьун цӏорол мугӏрул квегъизе хиял лъурал бахӏарзазул рекӏел къвакӏи. Сунца гьел гьеб борхалъиялде хиял гьабизе тӏамурал? Гьеб суалалъе бичӏчӏулеб жаваб кьун бажаруларо жалго альпинистаздацин. Гьеб борхалъиялде бугеб хӏасрат, берцинлъиялде бугеб гъира бугин абураб жоялда божизеги кӏоларо.\nАльпинист Геннадий Копейкаца абуна: «Гьеб суалалъе жаваб кьезе, цо рахъалъ цӏакъ бигьаго буго, цогидаб рахъалъ – захӏматгоги буго. Мугӏрул тӏогьиве щварав чияс гьединаб суал кьелароан. Дуда мугӏрузул берцинлъиги, гьезул тӏадегӏанлъиги бичӏчӏараб ва бихьараб мехалъ лъала гьелде дандеккун дур бугеб гьитӏинлъиги загӏиплъиги. Гьебго заманалда дуда лъала дурго кӏодолъиги тӏадегӏанлъиги, гӏицӏго мунлъидал вугев мугӏрул тӏогьиве ххарун, гьелъул каранда».\nРашид Хӏажиясуловасулги бу- кӏун батила нилъеца бицен гьабураб гӏадаб ахӏвал-хӏалги рекӏел хӏалуцинги. Щив ва киса гьев дунялалъул бищунго борхатаб тӏохде вахарав бахӏарчи? Гьев ккола Шамил районалъул Хучада росулъа. Рашид, Хӏебда росдал школа лъугӏун хадув цӏализе лъугьана ДГТИялъул технологияб факультеталде. Гьеб лъугӏидал хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда. Хӏалтӏулев вуго Гъизилюрт шагьаралъул соцстрахалъулаб фондалда. Школалда цӏалулелдаса нахъего кӏудияб рокьи букӏана спорталде.\nГьал мукъсаналго рагӏабаздалъун биография рехсарав Рашид вуго гӏадатияздаса бищунго гӏадатияв ва жинцаго гьабураб кӏудияб гьунарги цӏакъго гьитӏинаблъун бихьулев инсан. Дагъистаналъул мугӏрузда гӏумру гьабулел гӏемерисел гӏадамал дандчӏвала тӏабигӏаталъул бигьаял гурел шартӏазда ва квекӏеназда, гьел хӏажаталлъун ккола гьел къезаризе. Амма цо-цоязин абуни, гьел жеги тӏадеги балагьула, гьез анищ гьабула мугӏрузул тӏогьире ххаризе, гьезие бокьула жалго рорхалъабазде рахине ва мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабизе. Гьеле гьединавлъун ватана Рашидги.\n— Лъимерлъудаго дун ракӏалъ рорхатал мугӏрузде цӏалев вукӏана, — ян бицунеб буго гьес Шамил районалъул культуриябгун тарихалъул жамгӏияталъул председатель Мухӏамад Гъазалиевасулгун букӏараб гара-чӏвариялда.\n– Цогидаздаса балъгого дун мугӏрузде ххарулев вукӏана, амма мугӏрузде хӏакъикъияб гӏищкъу бижана гьалмагъзабигун цадахъ Эльбрус магӏарде, хӏухьбахъизе араб бакӏалда. Гьедин араб бакӏалда дун ххарана Эльбрусалъул гӏазулал тӏогьазде ва дица пикру гьабуна цогидалги мугӏрул бигьаго кверде росизе ругилан. Абизе ккола, цӏакъ мекъи батана дир гьеб пикру.\nЭльбрусалдаса Дагъистаналде тӏад вуссун хадув Шалбуздагалда дир лъай-хъвай ккана кабардиназул альпинист Ольмезовасулгун. Гьев цевеккун Эвересталдеги вахун вукӏун вуго ва гьес дида абуна дагъистаниясе бигьаяб жо бугин дунялалъул тӏогьиве вахинеян.\nЭльбрус квегъун хадуб Рашид лъугьана Эверест квегъиялде хӏадурлъизе. 2015 соналда гьес хӏалбихьана Казахстаналъул, Гъиргъизиялъул ва Китаялъул гӏорхъода бугеб Хан-Тенгри борхалъиялде вахине. Гьелъул борхалъи буго 7010 метр. 6800 метралъул борхалъиялде щвараб мехалда Рашид тӏад вуссине ккана. 2016 соналдайин абуни гьев вахана Памир мегӏералъул Ленинил цӏаралда бугеб тӏогьиве. Гьениб гьесул лъай-хъвай ккана Украиналдаса альпинист Виктор Бобковасулгун. Гьес бицана Эвересталде сапар бухьине хӏадурлъулев вугилан.\n— Дица хӏукму гьабуна гьесул, 5 чиясдаса гӏуцӏараб, экспедициялда гӏахьаллъизе, — ян бицана Рашидица. – Эвересталде унеб нух гьоркьоса къотӏи гьечӏеб эхедерай гуро бугеб. Гьенире унаго хисизе ккола 6 лагерь. Гьелъ кумек гьабула тӏабигӏаталъул ругьунал гурел кьварарал шартӏазда черх ругьун гьабиялъе. Гъоркьияб лагералда черх ругьун гьабичӏого тӏасияб лагералде ани, гьениб цо мехелалъ гурони гӏумру гьабун бажаруларо инсанасухъа. Нижеца кӏиго моцӏ бана 6400 метралъул борхалъуда бугеб лагералда. Ниж тӏасияб лагералде унаан ва тӏад руссун гъоркьияб лагералде рачӏунаан. Гьединаб хӏалбихьиялда альпинистаз жидерго черхалъул цӏайи тӏаса рехула, дунги 15 килограммалъ хӏалакълъана. Цӏикӏкӏуна бидул тӏадецуй. Гьедин букӏуна цо-кӏиго моцӏалъ гуреб, дагьабги гӏемер заманалъ. Ахирисеб гьужумалда цебе нижеца тӏубараб анкьалъ хӏухьбахъи гьабуна 7200 метралъул борхалъуда. Гьениб гӏемерисеб бараб букӏуна битӏккеялда. Гӏазул гьури бахъани, ниж тӏад руссине кколаан. Талихӏалъ кинабго лъикӏ ккана. Мегӏералъ дун къабул гьавуна, къабул гьавун хадув виччанги тана.\nДида рихьана гьенир даималъго хутӏаралги. Цо-цо мехалъ жаназабазда тӏасан гали тӏамунги ине кколаан. Хварал альпинистазул жаназаби хваралъурго тола, цо-цо мехалъ гьез кумек гьабула нух бихьизабиялъеги.\nЛъабго болъо буго ахирисеб эхедераялъул. Нижеца гьел нахъа тана сардил бецӏлъиялда. 6 маялъул радал сагӏат 5 тӏубараб мехалъ ниж мугӏрул тӏогьире рахана. Гьениб 20 минутги бан, ниж тӏад руссана.\nГара-чӏвариялъул ахиралда Рашидица бицана, жидеда хадуб бачӏунеб цогидаб къокъаялда гъорлъ вукӏарав ингушав Мухӏамад Дзейтиевасулгун жидер къотӏи букӏанила: нагагь цояв хвани, чӏаго хутӏарас кӏиябго республикаялъул байрахъал мегӏералъул тӏогьире щвезаризе.\nХал гьабун бихье, кинаб бахӏарчилъи бижулеб бугеб инсанасул рекӏелъ! Гьединал лъугьа- бахъинал дандчӏвалаан гӏицӏго маргьабалъ! Гьанибго абун тезин, Рашид Хӏажиясулов гуро профессионалияв альпинист, гьев вуго унго- унгояб куцалъ мугӏрузухъги гьезул тӏогьазухъги гӏищкъу бергьарав инсан. Гьелде тӏадеги, гӏумруялъул 49 сон бараб мехалда вахана гьев дунялалъул бищунго борхатаб магӏарде.\nГьаб цебехун бицен гьабураб лъугьа-бахъин ккана гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе ва цӏалдолезда ракӏалде ккезе бегьула щайдай гьас гьаб цӏидасан ракӏалде щвезабулеб бугебилан. Гьелъие руго гьадинал гӏиллаби: тӏоцебесеб иргаялда, нилъеда кӏочене бегьуларо бахӏарзал ва гьез гьарурал бахӏарчиял ишал. Кӏиабилеб иргаялда, исана 6 маялда гьеб кӏудияб кӏваралъул лъугьа-бахъин ккаралдаса лъабго сон тӏубана. Лъабабизе, нилъер халкъалъ кӏудияб захӏмалъиялда нухда тӏамуна коронавирусалдаса цӏуна-къай гьабулаго кӏиго моцӏ. Жидерго рахӏатал рукъзабахъ, кодор телефоналги ккун, тамахаб бусадаги регун, телевизоралъухъги балагьун тӏамураб заманги бахӏарчилъилъун рикӏкӏунеб батани, 28 моцӏалъ инсанасулал гурел шартӏазда гӏумруги тӏамулаго бахӏарчияб гьунар гьабурал гӏолохъабазда щибха абизе кколеб!?\nГьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго Абу Гӏубайда Жарахӏил рагӏабаздалъун: «Ва, гӏадамал! Нужеца таваккал бихьизабе Тӏадегӏанав Аллагьасе гӏоло ва Гьес нужее кумек гьабила нужее къохӏехьезе къуватги кьун. Ва, гӏадамал! Къохӏехьеялъ кумек гьабизе буго нужее Аллагь гурхӏиялъе ва суриялдаса нуж хвасар гьариялъе. Нуж бахӏарчияллъун ва Аллагь ракӏалде щвезарулеллъун рукӏа»."}
{"slug": "9091-arab-batularo-tarab-shchvelaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9091-arab-batularo-tarab-shchvelaro", "title": "Араб батуларо, тараб щвеларо", "date": "2020-07-27 15:36:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахирал соназда ригь арал гӏадамаз гӏемер бицунеб рагӏула Советияб заманалда букӏараб лъикӏлъиялъул. Хӏатта цо-цо гӏолилазцин абулеб рагӏана жидее Совет Союзалда гӏумру гьабизе бокьилаанин абун. Хӏисаб гьабидал, бичӏчӏулеб буго гӏолилазул гьеб пикру социалиял гьиназда Советияб гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ бицунел харбазда божун бижараб букӏин.\nДун ккола доб заманалъул чи, цӏалана школалда ва лъугӏана ВУЗ. Гьел сонал ккола дир талихӏаб лъимерлъиялъул ва гӏолохъанлъиялъул заман. Гьайгьай, дие бокьилаан гӏанчӏаб гӏолохъанлъиялде тӏад вуссине! Лъиеха бокьилареб классцоялгун, гьудулзабигун, даималъго нилъедаса ратӏалъаралгун дандчӏвазе, риидал майданазда бурда-тӏил ва торгӏо хӏазе, рогаткагун «тушманасде» гьужумалъ ине…\nЛъимерлъи ккола, сундулго ургъел гьечӏеб ва бокьараб мехалда эбелалъул хинкӏал кваназе рес бугеб, ай инсанасул гӏумруялъул бищунго талихӏаб заман.\nНиж, лъимал, машинабазда рекӏунаан рачел бачӏого, лъим гьекъолаан пластикабазул шушбузухъа гуреб, иццда кӏалги чӏван. Рокъоса унаан радал, тӏад руссунаан дунял рукӏкӏиндал. Нижер рукӏинчӏо компьютерал, телевидениялъул батӏи-батӏиял спутниказул телеканалал, компакт-дискал, сотовиял телефонал, интернет…\nКӏудияб хӏикмалъилъун рикӏкӏунаан Ильичил чирахъги, тӏад къали гьечӏеб репродукторги, шарикалъулаб ручкаги, велосипедги. Бечедал чагӏазул гурони букӏинчӏо радио, холодильник, мегеж кӏкӏвалеб машина. Кигӏанго херлъун ругониги, гӏемерисезе бокьула буссунареб-сунареб урхъиялъул асаралъ, жидерго талихӏаб лъимерлъи ракӏалде щвезабизе, накъит рекъеялъе харбида гьоркьобе дагьабго содаги бан, хӏухьелккун, рекъе-решезабун, цебего араб гӏолохъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицине…\nГьереси щай, араб лъимерлъи-гӏолохъанлъиялъухъ дирги букӏуна буссунареб чӏалгӏенги доб заманалде тӏадвуссине бокьилин абураб пикру-анищги. Лъимерлъуда нилъ батӏайиса балагьула дунялалъухъ, анищаз ва божияз цӏун рукӏуна ракӏал. Божула, киве аниги, щваниги дун, рокъовго гӏадин, эркенго, аваданго вукӏинин, гӏадамал кирго дидаса рохунги разиги рукӏинин.\nШколалъул къоял, классцоял. Доб заманалда букӏунароан цоцазулгун виртуалияб, ай Интернеталъулаб яги мобильникалъулаб бухьен. Цоцахъе гьоболлъухъ унаан, кучӏдул гьарулаан ва ахӏулаан, хасал тетрадазда хъвалаан рокьул кучӏдул ва мурадал.\nГӏедегӏун бекерулеб ккола гӏумру, унеб жо буго заман.\nБичӏчӏулеб буго, харабазул гьеб чӏалгӏен, Советияб гӏуцӏиялъул заманалъухъ гуреб, тарихалде араб жидерго лъимерлъиялъухъ, гӏолохъанлъиялъухъ, гьудул-гьалмагъзабазухъ ва абадияб рокъоре арал гӏагарал чагӏазухъ бугеб урхъи букӏин.\nЦо-цо мехалда лъалел-хъвалез, гьудул-гьалмагълъиялъ дида бадибчӏвала дун кивалиго 60-70-абилел соназулъ къан, гьениса ворчӏизе кӏоларого вугин. Цо рахъалъ гьеб битӏарабги батила. Дида лъикӏ лъала ва бичӏчӏула жакъасеб къойил сагӏтил хехаб кӏутӏиялъул бакъан. Амма ракӏалдаса унаро жакъа дунгун гьечӏел гьудулзабазул сипатал ва дол соназул лъугьа-бахъинал.\nНиж-пионеразул данделъаби, спортивиял къецал, гӏи-боцӏуе рехьлъи гьаби, студентлъиялъул талихӏаб заман, «Океан» абулеб транзисторалдасан «Голос Америки» радиоялъул цӏиял харбал…\nДоб заманалъул гӏадамал рукӏана киналалиго батӏиял, тӏокӏал. Ракӏ бацӏцӏалъи, гӏумру-яшавалдаса разилъи ва гӏагараб партиялъ жал битӏараб нухдасан рачунел рукӏиналда бугеб божилъиялъ гьел цӏунун рукӏана Западалъул «гьайбатлъабаздаса». Гӏумру букӏана чӏара-хьараб ва гӏодобе биччараб. Вакъарав чи вукӏинчӏо. Бекьулеб хур, хьихьулеб гӏи-боцӏи, бертаби, годекӏабахъ бахӏсал… Гьеле нужее чӏалгӏен, гьеле аралъухъ, ай лъимерлъиялъухъ бугеб урхъи.\nТӏоцебесеб иргаялда, херал чагӏазда лъимерлъи цебе чӏезабулаго, ракӏалде щола жидерго рукӏарал хӏаял, пайда босулел рукӏарал алатал ва рокьулел расанкӏаби. Гьале гьезул цо-цоял."}
{"slug": "9092-bechedab-irs-nakh-e-tarav-redaktor-va-kh-vadarukh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9092-bechedab-irs-nakh-e-tarav-redaktor-va-kh-vadarukh-an", "title": "Бечедаб ирс нахъе тарав редактор ва хъвадарухъан", "date": "2020-07-27 15:59:18", "categories": ["lit"], "text": "Гьал къоязда гӏумруялъул 60 сон тӏубалаан мунагьал чураяв журналист, хъвадарухъан, публицист Сабир Нурмухӏамадовас. Гьев къадаралде щвана ункъо соналъ цеве. Амма нахъе хутӏана Сабирица хӏадур гьарурал ва къватӏире риччарал Дагъистаналъул Кӏудиял Энциклопедиязул (БЭД) ункъо том, «Дагъистаналъул киналго росаби, шагьарал ва поселокал» абураб тӏехь, «Палестинаялъул маргьа – Интернет версия», «Намусалъул кодекс. Гӏумар Эрцалов», Северияб Кавказалъул регионалияб жамгӏиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул 18 номер, «Хӏакъикъат», «Дагъистаналъул гӏолилал», «Вечерний Кизилюрт», «Новый век», «Дагъистаналъул панорама» газеталъул гьурмазда рахъарал гӏемерал макъалаби.\nСабир гьавуна 1960 соналда Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ, тарихалъул, гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул учитель Гӏахьалчӏиса Нурмухӏамадов Мухӏамадил хъизамалда.\n1980 соналда С. Нурмухӏамадовас лъугӏизабуна Дагъистаналъул политехникияб техникум, 1985 соналда — Одессаялъул М. В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб кванил промышленносталъул технологияб институт.\n1982 соналда Сабирица гӏахьаллъи гьабуна Одесса шагьаралда тӏобитӏараб гӏолохъанал хъвадарухъабазул данделъиялдаги. Гьениб машгьурал хъвадарухъабаз лъикӏаб къиматги кьуна гӏолохъанав авторасул асаразе.\n25 сон барав инженер-технолог С. Нурмухӏамадовас захӏматалъулаб хӏаракатчилъи байбихьана Харьков областалъул нах гьабулеб заводалда комсомолалъул комитеталъул секретарасул хъулухъалдаса. Гьенивго хӏалтӏана конструкторлъун ва производственниябгун техникияб отделалъул начальниклъун.\nДагъистаналде тӏад вуссарав Нурмухӏамадов хӏалтӏана «Роспищепромавтоматика» ва «Минздравпроект» институтазда аслияв специалистлъун, отделалъул начальниклъун. Амма журналистикаялде ва хъвадарухъанасулаб махщалиде бугеб рокьиялъ Сабир вачӏана хӏалтӏизе Гъизилюрт шагьаралъул типографиялъул ва телевидениялъул директорлъун, республикаялъул «Хӏакъикъат», «Новое дело» газетазул мухбирлъун, «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун, «Вечерний Кизилюрт», «Новый век» ва «Дагъистаналъул панорама» басмабазул бетӏерав редакторлъун.\n2007 соналдаса бахъараб гӏумруялъул ахириял къоязде щвезегӏан Сабир хӏалтӏана Северияб Кавказалъул регионалияб жамгӏиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетӏерав редакторлъун. Гьел соназда журналист, публицист, хъвадарухъан С. Нурмухӏамадов гӏемер щвана Северияб Кавказалъул киналго республикабазде, Ростовалде, Турциялда ругел мугьажиразухъе. Сириялде ва сапаралда вукӏаго хъварал гӏемерал макъалаби, очеркал рахъана «Кавказалъул гьумер» журналалда.\nДие гӏумруялъулъ битӏккана – дун анкьго соналъ хӏалтӏана «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетӏерав редакторасул заместительлъун, ай Сабирил нухмалъиялда гъоркь. Гьев вукӏана лъай бугев, гьабулеб хӏалтӏи рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏулев редактор, махщел камилав журналист ва публицист.\nС. Нурмухӏамадовасе кьун букӏана республикаялъулаб «Меседил цӏум» абураб премия. 1999 соналда республикаялда ккарал рагъулал лъугьа- бахъинал газетазда, журналазда рихьизариялъе гӏоло, гьесие кьуна ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Хӏурматалъул грамота.\nЖиндирго гьалмагъзабазда ва къаламцоязда цадахъ Сабирица къватӏире риччарал Энциклопедиязда рахъун руго гӏемерал гӏадамазул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби. Гьелъул гьурмазда ратула учительзабиги, гӏалимзабиги, бахӏарчиял гӏадамалги, цӏар рагӏарал спортсменалги, политикалги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, гӏакъилал нухмалъулелги. Гьел тӏахьазда бахъун буго Дагъистаналъул 1500 росу ва рехсон буго ункъазарго чиясул цӏар.\nГӏолеб гӏелалъе, педагогазе, журналистазе, гӏагараб ракьалъул тарих бокьулезе бечедаб ирс нахъе тана Сабир Нурмухӏамадовас."}
{"slug": "9093-naslugo-tiokikiinabize-giurab-misal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9093-naslugo-tiokikiinabize-giurab-misal", "title": "Наслуго тӏокӏкӏинабизе гӏураб мисал", "date": "2020-07-27 16:11:51", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "27 соналъ цебе дица Тӏадмагъилъа Къурбанов Тажудинил къисматалъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букӏана «Известия» газеталда, «Партизанасул къисмат» абураб бетӏералда гъоркь (№ 237, 25 август 1987 с.). Гьелдаса хадур Тажудинихъе ва дихъе рачӏине байбихьана гӏемерал кагътал. Гьезда гьоркьоб букӏана Украиналъул Херсон областалъул Геническ шагьаралдаса А. Б. Лубенскиясул кагъатги. Гьес хъвалеб букӏана граждан рагъул соназда живги вукӏанила Дагъистаналда вагъулев. А. Б. Лубенскияс жиндирго макъала бахъун буго «Приазовская правда» газеталдаги… Хӏакъикъаталдаги, гӏажаибаб къисматалъул инсан вукӏана Тажудин. Гьев гьавуна Лологъонилъ, амма гьесул гӏумру ана Тӏадмагъилъ. Гьенив мадрасалда цӏалана, лъадиги гьениса ячана, магӏишатги гьениб гьабуна. Дагъистаналда граждан рагъ унеб заманалда гьесул букӏана 17 сон.\nПачаясул заманалда къо бухӏараб, ракъараб, язихълъиялда рукӏана магӏарулал. Гӏахьвалалин абуни магӏарулазда гьоркьорги язихъаб бетӏербахъиялда рукӏана. Хуриса бачӏараб хӏалухъин 3-4 моцӏалъе гурони гӏолароан. Бетӏербахъиялде хьвадизе кколаан Цӏоралде, Чачаналъе, гӏатӏиракьалде. Хӏалтӏизе унаан магӏарул росабалъеги рикӏкӏадал шагьараздеги. Гьениса щолеб мухьги цӏакъго мукъсанаб букӏунаан.\n1914 соналда Гӏахьвахъа 60 чи ана пачаясул армиялде мухьдахъ рагъизе. Гьел рукӏана «Гӏалхулаб дивизиялда» рекӏаразул эскадроналда. Рагъана австро-венгриялъул фронталда ва революция бергьун хадуб росабалъе тӏад руссана. Гьезие рагъулаб гуребги, революциялъулаб лъадариги щун букӏана.\nДагъистаналда граждан рагъ байбихьидал, Гӏахьвахъ участкаялда, Шамхал Салихӏовасул бетӏерлъиялда, партизаназул отрядалде лъугьана Тажудинги. Михъида хӏур чӏвачӏев гьесул гӏелалъул гӏолохъабиги отрядалда дагьал рукӏинчӏо. Багьавудин Жамбулаев, Гӏисалмухӏамад Шамхалов, Халид Чӏахиев, Гъайирбег Дибиров, Хӏаид Махиев ва цогидалги. Тажудинил командирлъун вукӏана Турач Гӏамиров, хадув гьев лъукъидал — Хӏажимухӏамад Эхунов.\n1920 соналда Шамхалил ва Муслим Атаевасул отрядаз Цӏунтӏе чабхъен гьабуна. Имам Нажмудинги Хъайтмаз Гӏалихановги Гуржиялъе тӏурун ун кодоре щвечӏо. Гьеб сапаралъ Хушетире разведкаялъ ритӏарал Изаноса Гӏамирханги Тажудинги гъачагъаз сверун ккуна. Рагъана патронал лъугӏизегӏан. Хьул букӏана тӏаде кумек бачӏиналда, амма гьеб щвечӏо. Гӏамирхан гьенив чӏвана, Тажудин асирлъуде ккана. Хадусеб къоялъ партизаназ гьев эркен гьавуна. Кидероса наиб Жабул Мухӏамадовги гьесул васги асир гьарун, партизанал тӏад руссана.\nГуржияхъа гӏарацги ярагъги щун, Гӏанди гӏорккун эхеве вачӏунев имамасул боялде данде гьебго соналъул октябрь моцӏалъ отряд къватӏибе бахъана. Хъварщикӏкӏалги бахун, «Богухъ» магӏарда тӏад щулалъи ккун букӏана. Гъачагъазул къуват 3-4 нухалъ цӏикӏкӏараб бугониги ракӏчӏей букӏана Болъихъа кумек тӏаде гӏунтӏиялда. Хабар бачӏана Болъихъ хъала муридзабаз бахъанилан, гьениб букӏараб армияги вахӏшияб куцалда гъуранин, ярагъги имамасухъе щванилан. Багӏарал партизанал тушманасул горсверуде ккана. Захӏматаб масъала букӏана гьанже гьезда гьениса рорчӏине кӏвейги. Рагъал ккана гӏемерал, хасго Хъварщи кьодухъ. Гьенив лъукъана отрядалъе нухмалъулев вукӏарав Шамхал, кӏиябго рахъалъа чӏваралги рукӏана. Тушман нахъаса вичӏулев вукӏинчӏо, гъоркьчӏел гьабунги гӏемер батулаан. Агъвалиса, Кӏванадаса сверун отряд Гӏахьвахъе щвана. Шамхалица байбихьана цӏидасан рагъуе хӏадурлъизе. Отрядалде тӏадеги гӏолохъаби рачана. Ярагъалда хадур Шурагьире ритӏана Шарип Махӏачов, Царакгӏали Салихӏов ва Махӏач Гӏамиров. Тӏад руссун Лавашиса, Гъуниса рачӏунел рукӏарал гьел ругъеждерил магӏарда чӏвана ва ярагъгун гӏарац тушбабазухъе ккана.\nЗахӏматаб хӏал букӏана гьеб заманалда Гӏахьвахъ участкаялда. Муса Кундухов балъгого щвезавуна Хунзахъ хъаладухъе. Щибаб росулъ ва кулабазда гӏуцӏана щулалъаби. Нухазда аскӏорегӏан ругел минабазул тӏохазде баччана гамачӏ, партизанал ругьун гьаруна ханжар- хвалченгун рагъизе, гӏужихъабазе бакӏал хӏадур гьаруна, патираби ричун росизе сверухъ ругел росабалъе гӏадамал ритӏана. Партизаназе хӏинкъаби кьолел рукӏаниги, гъачагъазда Гӏахьвахъе рачӏине кӏвечӏо. Партизаналги рокъор кьерун чӏечӏо, гьез хасало сапарал рухьана Лъануре, Цӏекӏоре, Бакълъухъе, Занатӏе, Местӏерухъе. Гьезие щвана 60 чу, 100 туманкӏ-таманча, гӏемерал патронал.\nТажудиница гъираялда бицунаан 1921 соналъул 26 февралалда партизаназ Тӏукитӏе гьабураб сапаралъул хӏакъалъулъ. Росулъе нух букӏинчӏо цохӏо бакӏалдаса гурони. Гьенибги хъаравуллъи тӏамун букӏана. Разведкаялъ ритӏарал Сулейман Мутагӏилов, Ихъали Мухӏамадов ва цогидал гӏолохъаби хъаравуллъиялда рукӏарал кьижун ратарал гъачагъалги асир гьарун рачӏана. Туманкӏ кьвагьичӏого бахъана росу. Амма хадусеб къоялъ росу сверун ккуна азаргогӏанасев муридас. Гьезухъ букӏана гӏемераб ярагъ, Кӏаратӏаса гьенибе чӏечӏого балеб букӏана гӏарада. Росу сверухъ кьвагьи къотӏулебго букӏинчӏо, амма муридзабазда кӏвечӏо гьужумалъ рачӏине. Хадуб партизаназе кумекалъе Хунзахъа рекӏаразул эскадрон бачӏана. Гьеб къоялъ эркен гьаруна Местӏерухъ, Ингердахъ, Цӏолода, Тӏарадаинхело, Кӏаратӏа, Гӏарчо, Гӏанчихъ росаби. Хадур партизанал ана Болъихъ ва Цӏумада районазул росаби эркен гьаризе. Гьел лъугьа- бахъиназдаги жигараб гӏахьаллъи гьабуна Тажудиница. Граждан рагъ лъугӏун хадубги гӏахьвалазул партизанал гъачагъазда хадур Казбек районалде щвана. Гьенив чӏвана Тажудинил вацгӏал Гӏалидибир Мухӏамадов. Хадуб сапар бухьана Чачаналъе. Гьенив командирлъун вукӏана Гӏалиев Гӏабдурахӏман. Гьев захӏматго лъукъана. Партизаназ гьенив ккуна Цӏамутӏариялдаса Мусаги жеги 15-явги.\nРосулъе вуссун хадув Тажудин ункъо соналъ росдал Советалъул исполкомалъул секретарьлъун хӏалтӏана, хадув вукӏана колхозалъул хурухъанлъиялъул бригадаялъул бригадирлъун, гӏачиязул фермаялъул заведующийлъун. Живго къватӏиса чи вугониги, гьесдехун тӏадмагъилъезул божилъи цӏикӏкӏараб букӏана. Гьес гьабулеб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалаан. Гӏемерав вищана гьев депутатлъун, колхозалъул правлениялъул членлъун.\nТӏаде щвана рагъул сонал. Гьеб мехалде Тажудинил букӏана ункъо лъимер. Рагъ байбихьарабго, жив армиялда хъулухъ гьабизе ине хӏадурав вугин лъазабуна гьес. 1941 соналъул хаслихъе гьев ккана 29-абилеб гаубичнияб артполкалде. Тӏоцере гуржиязул Вазнан магӏарда ругьун гьаруна, хадуб 1942 соналъул январалда гьезул полк рехана Новороссийскиялде. Гьениб щвана багӏарав партизанасе унго-унгояб рагъулаб лъадари. Зама-заманалдаса немцазул самолетаз бомбаби рехулаан гӏарадачагӏазде тӏаде, чӏварал-лъукъарал гӏемерал рукӏана. Тажудиница хъулухъ гьабулеб полкалда гӏемерал магӏарулал, районцоял гӏолохъабиги рукӏана: Загъалав Мартаев, Гӏисахан Хӏасанов, Кӏаратӏаса Мухӏамад Хизриев, Хӏажиявдибир Къучӏуев, Гӏабдулбадихӏ Гъазимухӏамадов, Гӏабдула Гӏалигъазиев, Дибирхӏажияв Абулмуслимов, Гӏарчоса Жахӏбар Дибирхӏажиев, Гӏанчихъа Мухӏамад Будунов ва цогидалги. Церехун рачӏунел немцал чӏезаризе кӏвана ва гьеб кӏудияб бергьенлъи букӏана. Рагъда цохӏониги нухалъ лъукъичӏого ворчӏарав Тажудин захӏматго унтана ва госпиталалда моцӏал рана. 1942 соналъул хаслихъе комиссиялъ гьесул щокълъи чӏезабуна ва гьев рокъове витӏана. Рагъда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ сонисев багӏарав партизанасе кьун букӏана Ватӏанияб рагъул орденги «За отвагу» медальги. Ичӏго медаль букӏана хадуб кьурабги.\nРокъовги лъагӏелалъ унтана Тажудин. Рагъ къотӏун букӏинчӏо гьев хъутаналде колхозалъул учетчиклъун хӏалтӏизе витӏулелъул. Хадур тӏурана колхозалъул правлениялъ тӏадкъарал батӏи-батӏиял ишалги.\nТажудин Къурбановас ва гьесул лъади Патӏиматица гӏезабуна ва гӏумрудул нухда лъуна анцӏго лъимер.\nДоб мехалда (1987 с.) Тажудинилги Патӏиматилги наслуялъул гӏун букӏана 112 лъимер, гьанже гьезул къадар 150 чиясде бахун батила. Гьез гӏумру гьабулеб буго росулъ, Махӏачхъалаялда, Гъизилюрталда, Москваялда. Абизе бегьула гьел киналго эбел-инсул намус цӏунарал магӏарулал ругилан.\nТажудиние цӏикӏкӏараб пенсия щолароан, амма гьес щварабги росулъ ругел ресукъал гӏадамазе, бесдал хутӏарал лъималазе бикьулаан, жиндирго гӏарац харж гьабуна магӏардаса росулъе ва «Гӏумаш» колоде лъим бачине, росу рагӏалда бугеб къулгӏа-ицц къачӏазе, кумек гьабуна Лологъонилъе нухда «Мазай» абулеб бакӏалда кьо базе.\nГьесие цӏакъ бокьулаан росулъ ва гӏалахалда ругел нухал, кьоял къачӏазе. Кӏаратӏа жилдомалда аскӏоб бугеб къулгӏаги Тажудинил гӏарцухъ бараб буго.\n…Бетӏералдаса тӏокӏкӏинчӏеб лъим хадуб тӏокӏкӏунарин аби буго магӏарулазул. Тажудин Къурбановасул наслуялъулго хал гьабуни, гьеб аби битӏарабги буго ва гьелъие мисаллъун кидаго гьев живго вукӏана. Гьес бахъараб жигар, гьесул гӏумруялъул мисал наслуго тӏокӏкӏинабизе гӏун буго."}
{"slug": "9094-khutirakh-rosdal-gialimzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9094-khutirakh-rosdal-gialimzabi", "title": "Хутӏрахъ росдал гӏалимзаби", "date": "2020-07-27 16:41:47", "categories": ["history"], "text": "Цӏунтӏа районалда исламияб дин тӏибитӏизабизе байбихьидал, хутӏрахъдерица ва асахъдерица бищун ахиралда босана гьеб. Амма диналъул рахъалъ хутӏрахъдерил жамагӏаталъул гӏадамал рукӏана ва гьабсагӏаталдаги руго бищун церетӏураллъун. Гьединазул цояв ккола Хутӏрахъа Хӏамзатги.\nХӏамзат\nИнсул тӏадчӏеялдалъун, Хӏамзат цӏалана Болъихъ, Гӏанди, Гъагъалъ, Гӏашали, Инхо, Шодрода, Ансалтӏа, Рахатӏа, Сугъралъ ва Хӏариколо росабалъ. Цо пуланаб къоялъ Болъихъе Дагъистаналъул ичӏго гӏалим вачӏана Хӏамзатил имтихӏан гьабизе. Хӏамзатида сверухъ горги гьабун, щивас кьуна батӏи-батӏияб суал. Хӏамзатица гьезул щибалъе жаваб кьуна, кодобе тӏехь босичӏого, Къуръан рагьичӏого. Бахӏсалъе рачӏарал гӏолохъабазе баянлъана Хӏамзат къуватав гӏалимчи вукӏин. Цинги гьес гьезда цӏехана, тӏокӏаб суал батичӏони, дир ругин нужее кьезе суалалилан. Воре, Хӏамзат, кьогеянги абун, хъващтӏан тӏадеги рахъун, сабурго къватӏире ана ва мугӏалимасда абуна: «Гьанжеги хахе гӏелму, Хӏамзат», — ан. Гьеб къоялдаса нахъе Хӏамзатие щун буго «Хахи» абураб тӏокӏцӏарги.\n40 сон тӏубалеб мехалъ Хӏамзатил эбел-инсуца дагӏба балаан, чӏужу ячиналъул хӏакъалъулъ. Гьес эбелалда гьадин абула: «Эбел, мун гӏедегӏуге, ихдада баккула тӏегь, хасало тӏагӏуна, ясал камуларо», — ян. Гьес лъадилъун ячана 16 сон барай Хутӏрахъ росулъа Гъазимухӏамадил яс Хадижат ва гьезие гьавуна кӏиго вас.\nСовет хӏукуматалъ диналде данде питна байбихьизегӏан, Хутӏрахъа Хахи-Хӏамзат тӏадчӏана гӏелму лъазабиялда. Хӏариколо мадрасалда цӏалулаго, 1924 соналдаса 1927 соналде щвезегӏан, Хӏамзатица мугӏалимлъи гьабуна 30-35 чиясе.\nАхир-къадги, щибго жоги рехун тун, жиндирго кули бугеб «Цӏобеснокь» абулеб бакӏалда нохъодаги вахчун, анкьго сон бана Хахи-Хӏамзатица, гӏибадат гьабулаго. Нохъода вукӏаго анкьго соналъ Хӏамзатица хъварал назмаби, гьарурал хъвай-хъвагӏаял ва диналъул таржамаби щвечӏо наслабазухъе щайин абуни, милициялъ сверунги ккун, досул кулиги нохъоги бухӏана, амма живго Хӏамзат милициялъул берзукьа тӏагӏана.\n1937 соналда милициялъ кинабго халкъ ахӏула Шаури-Эчеда нух бахъулеб бакӏалде хӏалтӏизе. Гӏадамал ракӏарула мокъокъдерил Чӏекух майданалде. Гьениб 60 гӏалимчиясул цӏар ахӏула, гьезда гьоркьор: Хутӏрахъа Хахи- Хӏамзатил, Кидироса Пахрудинил ва Хъуприса Ахӏмад-Дибирил. Гьеб къоялъго Шаури туснахъ гьавуна 36 гӏалимчи. Анкьго сон ун хадуб, ай 1943 соналда Сталинград шагьаралда Хахи-Хӏамзат хванилан пашманаб хабар щола гӏагарлъиялъухъе.\nЗагьир\nХутӏрахъа Загьир Мусаев гьавуна 1952 соналда. Гьесул эмен Окиев Мусаги гьесул вацал Закаря ва Мухӏамадги рукӏана цӏаларал чагӏи. Закарял васал Мухӏамадкамилие ва Ражабие щвана щулияб гӏелму. Ражабин абуни ккола Россиялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер. Гьев хӏалтӏулев вуго Хутӏрахъ росдал школалъул директорлъун. Загьирил вац гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго Гъизляр районалъул Шаумян росдал имамлъун.\n1979 соналда Кӏилъартӏа росдал школалда 10 классги лъугӏизабун, Загьир цӏализе лъугьана Ташкенталда бугеб исламияб институталде. 1983 соналда тӏадвуссана Дагъистаналде. Гьебго соналъ тӏамуна ДУМДалъул Северияб Кавказалда бугеб Бусурбабазул улкабазул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулевлъун ва таржамачилъун. Гьеб хӏалтӏуда Загьир вукӏана 7-8 соналъ. 1991 соналда Загьир ана Тунисалъул пачалихъияб «Зейтун» университеталда цӏализе. 1994 соналда, гьебги лъугӏизабун, тӏад вуссана Дагъистаналде.\nХадубккун хӏалтӏана Динияб идараялда таржамачилъун. Цинги росуцояз Загьир вищула хутӏрахъдерица гӏумру гьабулеб Шаумян росдал мажгиталъул имамлъун. Гьенив хӏалтӏулаго, Загьирица росуцоязе бана цӏияб мажгит ва рагьана лъималазе мадраса. Загьирица имамлъи гьабуна 20 соналъ. 2014 соналда, Загьирил сахлъи загӏиплъиялда бан, имамлъун вищана гьесул вац.\nАнкьцӏул хӏеж борхарав Загьирил рокъоб буго гӏелмиял тӏахьазул бечедаб библиотека. Щибаб рузманалдаса хадуб дагӏваталде гьенире ракӏарула цӏаларал гӏадамал.\nЗагьирил вуго ункъо вас. Кӏудияв вас Мухӏамадица лъугӏизабуна Астраханалда медакадемия, Москваялда интернатура ва гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго Москваялъул цо больницаялда терапевтлъун. Бищун гьитӏинав вас Мусаца лъугӏизабуна ДГУ ва хӏалтӏулев вуго Пенза шагьаралда ДЮСШялъул кикбоксингалъул тренерлъун. Муса ккола кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул кӏицӏул чемпион ва спорталъул мастер."}
{"slug": "9095-giedegiuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9095-giedegiuge", "title": "Гӏедегӏуге", "date": "2020-07-27 16:52:55", "categories": ["history"], "text": "Щибаб жоялъе букӏуна жинди-жиндир заман.\nМетер ккезе бугеб жакъа кинго кколаро, жакъа ккезе бугеб жакъа ккечӏогоги хутӏуларо. Нилъеца гӏемер бицуна метер ккезе бегьулелъул хӏакъалъулъ, ургъалилъ къан рукӏуна ккелищ-ккеларищали, бачӏинищ-бачӏинарищали лъалареб метерисеб къоялъул пикрабиги гьарулаго. Гьединал ургъалабаз, пикрабаз бакӏлъизабула бетӏер, чорок гьарула пикраби, лъугьуна рахӏатхун ва цо гьитӏинабго бугониги галиялъ рикӏкӏад гьарула талихӏалдаса. Ккеле-ккелареб, букӏине-букӏинареб лъалареб жо сабаблъун щай къварилъахъдизе кколел? Щай хӏинкъулел нилъеда жеги бихьичӏеб жоялдаса? Гьеб буго щайтӏаналъул хӏалтӏи, ай гьелъие бищун бокьулеб къагӏида: нилъ ургъалилъе ккезари ва нилъер ццим бахъинаби. Тӏадегӏанав Аллагьасул хирияб Каламалда буго: «Щайтӏаналъ рагӏи кьола нуж мискин гьаризе…», — ян (2:268). Щайтӏаналъ нилъер ракӏазулъе рехизабула нуж мискинлъизе, нужеде батӏи- батӏиял балагьал рачӏине рес бугин абураб пикру ва гьелъул мурадлъунги букӏуна нилъер ракӏазул рахӏатхвезаби, Аллагьасе гьабулеб гӏибадат мукъсанлъизе букӏине, мунагьал гьариялде нилъ цӏазе. Амма, хӏакъаб жо, гьеб малгӏун мурадалде щвезе гьечӏо. Аллагьасул хӏалкӏолъиялдалъун жакъа мун лъикӏ ватани, Ин ша Аллагь, метерги гьеб лъикӏлъи дуда тӏаса ине гьечӏо. Хирияб Каламалда Бетӏергьанас абун бугелъулха: «Гьабураб лъикӏлъи лъалеллъун ва рецц гьабулеллъун нуж ругони, Дица жеги цӏикӏкӏинабила», — ян (14:7). Гьелъул магӏна ккола нилъее кьураб нигӏматалъухъ нилъ кидаго Бетӏергьанасе рецц гьабулеллъун, Гьесда гьарулеллъун, Гьесдаса кумек-квербакъи тӏалаб гьабулеллъун рукӏине кколин абураб. Нилъ божараллъунги рукӏине ккола нилъер гьара-рахьи, дугӏа Бетӏергьанас къабул гьабизе букӏиналда.\nЩибаб къойилго гӏадин цо гӏиси- бикъинаб жо сабаблъунцин рахӏатхун рукӏуна нилъ. Гьедин рукӏаго, гӏемерисеб мехалда, нилъеда бихьулеб жоги букӏана гӏицӏго сурукъаб ва квешаб рахъ. Дагьаб пикру гьабуни рахӏатхвезе гӏадаб жоги гьениб батуларо. Амма инсанас жинцаго балагьула рахӏатхвеялъе багьана, хӏатта гьава- бакъ рекъараб гьечӏин абунги толаро жиндирго ракӏ рахӏаталда. Щибаб къойил гьедин, ай нодоги букӏкӏинабун кьунсрулги хучизарун вугев чияс жиндирго гӏумру жинцаго бачуна къваридаб, бецӏаб нухде ва аскӏобго гвангъараб шагьранух букӏин бихьизего бокьуларо. Гьединаз пикруго гьабуларо Аллагьасул хӏалкӏолъабазул, Гьесул хӏикматазул, гьединав чи гъапуллъун хутӏула Къуръан цӏалиялдаса, гӏибадат гьабиялдаса. Бетӏергьанас бижанщиналъул, Гьесул тӏадегӏанлъиялъул ва хӏалкӏолъиялъул пикру гьабиги кколелъулха Аллагьасда божиялъул цо гӏаркьел.\nЦо-цо чагӏи рукӏуна кидаго хвалил ургъалида, щивав чияс хвалил лълъар гьекъезе букӏин хӏакъаб бугониги. Гьелдаса щивго хвасарлъизеги гьечӏо. Гьединлъидал, гьелъул ургъалида рукӏинчӏого, нилъее лъикӏаб буго гьеб къо тӏаде бачӏинегӏан гьелде хӏадурлъи гьабулел рукӏине. Гьеб мехалда рукӏуна нилъ талихӏаллъунги."}
{"slug": "9156-tarikhalda-tarab-l-alki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9156-tarikhalda-tarab-l-alki", "title": "Тарихалда тараб лъалкӏ", "date": "2020-08-06 13:44:56", "categories": ["insan"], "text": "Инсанияталъул тарихалда цӏаралги хутӏарал, лъалкӏалги тарал гӏадамазул гӏелмиябги, гӏакълиябги, жамгӏиябги, политикиябги хӏаркатчилъи киналго заманабазе гӏахьалаб букӏунин абун буго цо гӏакъилас. Гьел рагӏаби рачӏуна ракӏалде анцӏ-анцӏ соназ Дагъистаналъулги гьелъул халкъалъулги къисматалъул жавабчилъи тӏаде ккаразул цояв, гьездасанги ахирисеб ункъо соналъ республикаялъе бетӏерлъиги гьабурав, исана гӏумруялъул 80 сон тӏубалев, политикиявги, жамгӏиявги, гӏелмиявги хӏаракатчи Мухӏу Гӏалиевасул пикру гьабулаго. Чияс рарал соназул бицунарин, гьесул хӏакъалъулъ бицине жо бугониян абуниги, рарал соназул борхалъудасан балагьулеб гӏадаб буго нилъер гӏадамас нахъа тараб нухалъухъ. Гьеб нухин абуни М. Гӏалиевасул гӏезегӏан бечедаб, лъугьа-бахъинал гӏемераб, бицинеги борцинеги жо гьарзаяб букӏараблъи лъала киназдаго. КПССалъул обкомалъулги Дагъистаналъул Верховный Советалъулги ахирисев нухмалъулев, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул тӏоцевесев председатель, Дагъистаналъул тӏоцевесев президент. Гьеб чанго хӏужаялъ цӏакъ гӏемераб жоялъул бицуна. Тарихги кӏудияб, къисматалги ракӏалги бечедал гӏадамаздалъунги рагӏараб магӏарул гьитӏинабго Тӏануси росулъа цоги гӏелцоязулго гӏадин гӏадатго байбихьараб гьесул къисматалъе къачӏан батана кӏудияб роржен – Дагъистаналъул политикиябги, жамгӏиябги, гӏелмиябги гӏумруялда бищунго тӏадегӏанаб бакӏ, республикаялдаги гьеб бахун къватӏибехунги гьеб киналдаго рекъараб машгьурлъиги цӏарги.\n1.\nПолитикиялгун жамгӏиял хъулухъазул борхалъуде вахине Мухӏу Гӏалиевас гьитӏинго анищ гьабулеб букӏарабищали лъаларо, амма гӏелмуялде гьесул рокьи букӏараблъиялъул бицуна Избербашалъул тӏоцебесеб школа гӏарцул медалалда ва ДГУялъул тарихалъулгун филологиялъул факультет багӏараб дипломалда лъугӏизабиялъги. Хадубги гьебго вузалъул аспирантураялдаги цӏалун, философиялъул гӏелмабазул кандидатлъиялъул диссертация 28 сон балалде цӏуниялъги.\nГӏуцӏарухъанлъиялъул махщел Мухӏу Гьиматовичасулъ тӏатун батизе бегьула Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквариб росдал школалда хӏалтӏулаго. Гьенисан ана живго цӏалараб университеталъул комсомолазул гӏуцӏиялъул секретарлъун. М. Гӏалиевасда ракӏалде гьечӏеб жолъун букӏана аспирантураялдаса хадуб Махӏачхъала шагьаралъул комсомолалъул комитеталъул тӏоцевесев секретарьлъун вищи. Гьеб букӏанин абизе бегьула гьесул политикиябги жамгӏиябги гӏуцӏарухъанлъиялъул нухде тӏамураб тӏоцебесеб гали. 1972 соналда М. Гӏалиев вищана Махӏачхъала шагьаралъул партиялъул цӏигӏуцӏараб Советский рай- комалъул тӏоцевесев секретарьлъун.\nУлкаялда цӏияб багъа-бачариялъе кьучӏ лъезе байбихьараб 1985 соналда КПССалъул Дагъистаналъул обкомалдаги ккана хиса-басиял. Гьеб мехалда обкомалъул бищунго аслияб ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб гӏуцӏарухъанлъиялъулгун партиялъул отделалъе нухмалъи гьабизе тӏамуна Мухӏу Гӏалиев. 1990 соналда вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъунги КПССалъул ЦКялъул членлъунги. Гьеб букӏана кӏудияб пачалихъалъе нухмалъи гьабураб КПССалъул къисмат цӏадирабазда лъураб захӏматаб заман. Мухӏу Гӏалиевасда лъикӏ бичӏчӏулеб букӏана Горбачевасул кьучӏ гьечӏеб политикаялъ улка кибе бачунеб бугебали. Гьеб бихьула ЦКялъул пленумаздаги партиялъул ХХVIII съездалдаги гьес гьарурал кӏалъаяздасан. «Гьадинаб нухдасан пачалихъ бачунеб бугони, дуца пачалихъги биххула, партияги биххула, цӏад бан хадуб буртина ретӏарав чиясда релълъун мунги вукӏуна», — ян абуна Мухӏу Гьиматовичас жиндирго кӏалъаялда Горбачевасда. Гьедин ккезеги ккана.\n2.\nГӏемеразда ракӏалде кколеб букӏана компартия биххиялда цадахъго Мухӏу Гӏалиевги Дагъистаналъул политикиябгун экономикияб гӏумруялда гьоркьоса анилан. Гьеб гьедин ккезе бокьаралги рукӏана. Ракӏалде щвезабизе бегьила 1991 соналъул октябралда Дагъистаналъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун Мухӏу вищулаго букӏараб ахӏвал- хӏалги, ХVI сессиялда гьес гьабураб кӏалъайги.\n1993 соналъул ахиралда Россиялъул нухмалъиялъул гӏуцӏабазда ккарал хиса-басияздаса хадуб Дагъистаналдаги исполнительниябги законодательниябги властал цоцаздаса ратӏа гьаруна. Гӏуцӏана Пачалихъияб Совет ва бищана цӏияб парламент – Халкъияб Собрание. Жиб бищараб къоялдаса 11 соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна Мухӏу Гӏалиевас. Гьесде тӏаде ккана кьучӏдасанго цӏияб парламенталъул хӏалтӏи гӏуцӏи, гӏумруялъул тӏалабаздаги улкаялъул законаздаги, щибаб къойил хисхисулеб ахӏвал- хӏалалдаги, киналго рахъалги хӏисабалде росун, гьелъул хӏаракатчилъи рекъезабизе.\nДагъистаналдаги дол ункъоялда анцӏабилел сонал захӏматал рукӏана. Гьеб гуребги, мадугьалихъ бугеб Чачан Республикаялда кӏиго нухалъ ккараб рагъалъги ахӏвал-хӏал захӏмалъизабун букӏана. Гӏадамазул гӏумру-яшав язихъаб хӏалалде ккун букӏана. Хадубги Карамахи, Чабанмахи… ва ахирги 1999 соналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъинал. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ М. Гӏалиевас гьелъие кьолеб букӏараб къиматалъул бицунеб буго гьесул «В поисках согласия» абураб тӏехьалда рахъарал кӏалъаяздаги гьесулгун гьарурал гара-чӏварияздаги.\nПарламенталъул бетӏерас 1999 соналда Дагъистаналда рагъулал лъугьа-бахъинал ккезегӏан чанго соналъ цебего Халкъияб Собраниялъул сессияздаги Махӏачхъалаялдаги, Москваялдаги, цоги бакӏаздаги кӏалъалаго бицунеб букӏана экстремизмалъул къуватазул республикаялъе бугеб хӏинкъиялъул, рихьизарулел рукӏана балагьалъ нилъер нуцӏида кӏутӏилелде гьеб нахъчӏвазе ругел нухалги ресалги. Амма гьел кӏалъаязул доб мехалъ кколеб хӏасил гьабичӏо. Хадубги киназдаго лъала, доб мехалда Оборонаялъул министрлъун вукӏарав И. Сергеевги гӏахьаллъун 1999 соналъул 12 августалда букӏараб Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул данделъиялда Мухӏу Гьиматовичас гьабураб кӏалъаялдаса хадуб лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб куцалъ унеб букӏараб рагъул ахӏвал-хӏал хисараб куцги гьелъул хӏасилги.\nРехсечӏого гӏоларо дол соназда Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал законазул аслияздасанги аслиябин абизе бегьулеб, мугӏрузул районазе цӏакъго кӏвар бугеб «Гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел ракьазул хӏакъалъулъ закон». Гьеб хӏадур гьабулаго гӏезегӏан заманги ана. Ахирги кӏвана закон къабул гьабизе. Мухӏу Гьиматовичас борхана депутатазул «неприкосновенностилан» абулеб, гьел щиб такъсир гьабуниги тамихӏалдаса цӏунулеб къагӏида хвезабиялъул ва такъсирал гьарурал гӏадамал депутаталлъун риччазе бегьуларин абураб суалги. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, Халкъияб Собраниялъ гьединаб хӏукмуги гьабун букӏана. Амма Россиялъул законазде данде кколарилан гьеб хӏукму хадубккун хвезабуна.\nГьеб киналъулго хӏасилалда Дагъистаналъул Хлакъияб Собраниялъул председатель лъугьана Россиялъул регионазул парламентазул бутӏрузда гьоркьов бищунго рикӏкӏунездасан, къадру-къимат гьабулезул цоявлъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула Мухӏу Гӏалиевасе 2004 соналда лъагӏалил спикер абураб цӏар кьун букӏараблъиялъги.\n1996 соналдаса 2001 соналде щвезегӏан М. Гӏалиев вукӏана РФялъул Советалъул член, гьелъул Халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ комитеталъул председателасул заместитель. «Россия — Европаялъул союз» парламентазул цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъул бюроялъул член, Европаялъул Советалъул парламенталъул ассамблеялъул член (ПАСЕ), Чӏегӏераб ралъдал экономикияб цадахъ рекъон иш гьабиялъул Парламенталъул ассамблеялъул член (ПАЧЭС), Европаялъул бакӏалъулал ва регионалиял властазул конгрессалда РФялъул (КМРВЕ) вакил.\nЧанго рагӏиялдалъун рехселин Мухӏу Гӏалиевасул гӏелмияб хӏаракатчилъиги. Гьев ккола философиял гӏелмбазул доктор, профессор, анцӏго тӏехьалъул ва анцӏ-анцӏ гӏелмиял макъалабазул автор. Гьесул хӏалтӏаби рахъана «Вопросы философии», «Философские исследования», «Вестник Российского философского общества», «Федерация» абурал журналазда ва цоги басмабазда. Мухӏу Гьиматовичасул биография ва гьесул хӏалтӏабазул аслиял пикраби рахъун руго «ХIХ-ХХ гӏасрабазул Россиялъул философал» абураб словаралда.\n3.\nПартиялъул хӏалтӏуда 20 ва парламенталда 28 соналъул хӏалбихьи букӏана Мухӏу Гӏалиевасул Дагъистаналъул тӏоцевесев президентлъун вищулеб мехалда. Цебеккун нилъер республикаялъе хасиятаблъун букӏинчӏеб президентасулаб нухмалъиялъул къагӏидаги кьучӏдасанго гӏуцӏизе ккана гьесде.\nМухӏу Гьиматовичас президентлъун вугел соназдаги гьелде щвезегӏанги хӏаракат бахъана хасал мурадал ругел, заманаялъул чвахиялъ лъалъан рухӏ речӏчӏарал гӏадамаздаса рикӏкӏад чӏезе, хӏасилал кинал кканиги, ритӏухъаб нух кквезе. Бикъуларев. Босуларев. Ритӏухъав. Гьел рагӏаби абулаан Мухӏу Гӏалиевасул цӏаралда цадахъ гьев лъалезги лъаларезги, гьев къабуллъулезги къабуллъуларезги. Къабуллъулез – чӏухӏигун, къабуллъуларез – цо гӏажаибаб разилъи гьечӏолъигун. Гьел хасиятазе ритӏухъавлъун хутӏана Мухӏу Гьиматович Гъоркьа Гьаквариб школалъул учительлъун хӏалтӏизе лъугьараб тӏоцебесеб къоялдаса байбихьун, Дагъистаналъул президентлъиялъул хӏалтӏул ахирисеб къоялде щвезегӏан."}
{"slug": "9157-mekhtaral-giorkilaz-merkhuneb-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9157-mekhtaral-giorkilaz-merkhuneb-giumru", "title": "Мехтарал гӏоркьилаз мерхьунеб гӏумру", "date": "2020-08-06 14:01:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нухазул къурбаназул пашманаб сияхӏ\nАвариял гӏемерлъулел руго къо бахъанагӏан. Машина цоцалъ тункичӏебниги, чиясе къварилъи ккечӏебги къо гьечӏо республикаялда. Цохӏо гьаб араб анкьалда жаниб ичӏго чи хун, 35-яв лъукъун больницаялде ккун вуго.\nРакӏгъанцӏизабулеб авария ккана 25 июлалъул кватӏараб сардилъ Хасавюрт районалда. 46 сон барав чияс бачунеб машина, нухлул гӏорхъиги хвезабун дандречӏчӏана 25 барав чияс бачунеб цогидаб машинаялда. Амма иш гьелда къокълъичӏо, гьевго талихӏкъос речӏчӏана аскӏосан унеб букӏараб цоги автомобилалда. Гӏайиб ккарав 46 сон баравги, гьесда цадахъ вукӏаравги, гьел речӏчӏараб машина бачунев 25 сон баравги гьесулго гьалмагъги лъабабилеб машинаялда жанив вукӏарав чиги гьеб бакӏалдаго хвана. Жеги щугоги чи захӏматаб хӏалалда больницаялде хъамуна. Щуго жаназа. Щуго захӏматго лъукъарал…\nЦересел къояздаги, цо мехтарас машинаялъ мерхьун рехана къватӏал лъухьулей йикӏарай цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадан. Гьей гъаримги бакӏалдаго хвана. Гьанже гьев чӏухӏухъан 12 моцӏалъ туснахъ гьавун вуго суд гьабулеб къо щвезегӏан.\nМехтарал гӏоркьилаз гӏумруялдаса ратӏа гьаруразул сияхӏ гьитӏинаб гьечӏо. Исана маялда «цӏани магӏарде рахарав» цо лотияс бачунеб машина речӏчӏана цогиялда. Гьеб бакӏалдаго хвана гьелъул шоферги мехтарасул машинаялда жанир рукӏарал кӏигоялги. Гьанже гьев судалда цеве эхетизе вуго.\nГьединго 27 июлалда Сергохъала районалда «Утамыш-Кичи- Гамри» шагьарнухда ккараб автоавариялда хвана цо чи. 32 сон барав гӏолохъанчиясухъа машина речӏчӏана 60 сонил ригьалда вугев чиясда, гьев гьеб бакӏалдаго къадаралде щвана.\nАраб гьатӏан къоялъ, Гъаякент районалда ккараб ДТПялдаги гӏумруялдаса ватӏалъана цо ва лъукъана лъабго чи.\nЛъагӏалил байбихьудаса жакъа къоялде щвезегӏан республикаялда ккун буго 625-ялдасаги цӏикӏкӏун ДТП, 140-ялдаса цӏикӏкӏун чи хун вуго, лъукъун больницаялде ккаразул къадар бахана 850-ялде.\nРулалда нахъа ругел гӏолохъаби гьаглъун руго. Гӏарцуца ратаниги, чӏухӏиялъ батаниги, гӏаракъиялъ ратаниги. Гьединаб сурат нужедаги щибаб къоялъ гӏадин бихьулеб батила. Цӏорода кьурди гьабулей ясалъ гӏадин, чӏараб бакӏалда жиндаго тӏад сверизабула машина, квешал гьаркьалги рахъинарун, хӏуртӏа босизе сверухълъиги гьабун. Живгоги вукӏуна хъала бахъизе щвараб гӏадин вохун. Цо цӏекӏал, гӏадан жойиде гьавуларел гьаркьалги рахъинарула.\nКвешаб гьаракьги бахъинабун кутакаб хелъиялда хъамун уна машина федералиял шагьранухдасан. Гьуридул хехлъиялда уна хъамун, кире гьел гӏедегӏулел, кида гьеб ццулъараб уммат кантӏулеб?\nРФялъул нухазда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул хъулухъалъул республикаялда бугеб бутӏаялъул нухмалъулев Александр Шалагин, араб соналъ кӏиго нухалъниги дандчӏвана Динияб идараялъул вакилзабигун. Нухазда гъалмагъир гьабулел гӏолохъабазде вагӏза-насихӏаталъул хабар бицун гьел кантӏизареян гьаригун. Муфти Ахӏмад-хӏажи афандиясги (къ.с), доб соналъ муфтияталъул председательлъун Гӏабдула-хӏажи Салимовасги абун букӏана доб мехалъ, мажгитазда имамзабазги, гьединго нижецаги гьеб тема гьоркьоб къотӏизе толарин, гьелдаса хадубги вагӏза-насихӏаталъул калам цӏикӏкӏинабизе бугин.\nАмма насихӏаталъухъ гӏинтӏамулеб гӏелищха бугеб рулазда нахъа."}
{"slug": "9158-giammab-ishal-e-giolo-gabuleb-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9158-giammab-ishal-e-giolo-gabuleb-khialtii", "title": "Гӏаммаб ишалъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏи", "date": "2020-08-06 14:08:15", "categories": ["obshestvo"], "text": "24-абилеб июлалда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда данделъун рукӏана магӏарул шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, республикалъулаб «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабиги. Гьенив гӏахьаллъана магӏарулазул Миллияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовги. Дандеруссиналъул аслияб мурад букӏана цадахъ рекъон рахьдал мацӏ ва адабият цебетӏеялъе гьабулеб хӏалтӏулъ жигарчилъи бихьизаби.\nДанделъи рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас. Гьес шагӏирзабигун хъвадарухъабазе ва журналистазе гьарана магӏарул газеталъул гӏаммаб ишалъе гьабулеб хӏултӏуе цебетӏейги икъбалги.\n— Жакъа нилъ данделъиялъе буго цо гӏилла — магӏарул мацӏги, адабиятги, маданиятги цӏунизе гьабулеб хӏалтӏи дагьалъги чӏаго гьабизе ккеялъул бицине. Гьеб гьанжелъизегӏанги гьабуна нилъеца. Гьанжеялдаса нахъеги хӏаракат бахъизе ккола.\nЖакъа цӏакъго гӏемерлъун руго чӏобогоял кучӏдузул цӏурал щибго кунчӏи гъорлъ гьечӏел ва хӏатта магӏарул махӏцин жидедаса чӏваларел тӏахьал. Гъалатӏазул бицинего бицинарин. Гьел ритӏизаризе кьолелго ратиларо. Жалго бетӏергьанал басмаханабазеги ургъел щибха, тӏахьазда гъалатӏал ругониги, гьечӏониги. Гьединал тӏахьалги тӏахьазда ругел кучӏдузги кинаб бугониги тарбия кьоларо гӏун бачӏунеб бугеб гӏелалъе.\nГьединлъидал лъикӏаб букӏинаан, газеталъул гьурмазда цӏалдолезда ратизе классиказулги жакъасел унго-унгоял шагӏирзаби-хъвадарухъабазулги асарал. Гьел дагьал гьечӏо нилъер. Биччанте гӏолилазда лъазе ва бихьизе магӏарул адабияталъул бечелъиялъулги гучалъулги кьалбал гъваридал рукӏин, — ан абуна гьес.\nГазеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановасги бицана газеталъ гьабулеб бугеб хӏалтӏулги гьелда цере чӏарал кӏвар бугел масъалабазулги хӏакъалъулъ.\n— Газеталъул аслияв цӏалдолев вуго магӏарул росулъ. Нижер бухьен кидаго букӏана росабазулгун ва гӏадамазулгун. Бокьун буго гьеб дагьабги щула гьабизе. Гьеб мурадалъе гӏоло цо-цо магӏарул районазда тун руго газеталъул хасал мухбирзаби. Гьезул чӏагояб хӏалтӏул кумекалдалъун ракӏалда буго бухьен дагьабги щула гьабизе. Магӏарухълъидалха бугеб миллияб маданияталъулги, адабияталъулги, мацӏалъулги гъансито.\nГьединго газеталъ кӏвар кьолеб буго жидерго хасал мацӏал ругел магӏарул районазул фольклоралдеги. Гьеб бахъулеб буго газеталда.\nГазеталда цӏияб жолъун ккола шагӏирзаби-юбиляразул ва классиказул асаразе микь-микь ва ункъ-ункъ гьумер кьейги. Гьелъ кумек гьабизе буго магӏарул мацӏалъул учительзабазеги, — ян кӏалъана Гӏ. Гӏумаханов.\nГазеталъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана газеталъул лъай кьеялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъги.\n— Цебегоялдаса нахъе газеталъ тӏоритӏулел руго цӏалдохъабазда гьоркьор батӏи-батӏиял темабазда конкурсал. Исана, масала, тӏобитӏана «Рагъул соназул лъимал» абураб конкурс. Гьелъул хӏасилалги гьарулел руго. Гьединал къецаз лъималазул гъира базабула миллияб маданиятги, адабиятги, гӏадатал- гӏамалалги лъазаризе. Конкурсал тӏоритӏизе байбихьараб заманалда, бергьарал цӏалдохъабазе сайгъатал росизе кумек гьабулаан районазул бутӏруз. Гьедин, кӏиго соналъ сайгъатал росизе кумек гьабун букӏана Хунзахъ районалъ. Лъикӏаб букӏинаан гьеб гӏадат цӏигьабуни, — ян бицана гьелъ.\nГьединго данделъиялда бицана росабазулгун бугеб бухьеналъул хӏакъалъулъги. Масала, газеталъул редакциялде гӏемер рачӏуна росабалъа гӏадамал, рачӏине санагӏалъи ккечӏел кӏалъала. Бицуна жидерго гӏузрабазул. Нижецаги хӏаракат бахъула гьезул щивасул къваригӏел тӏубазе. Щибаб газеталъул цо- цогӏаги гьумералда бицинчӏого толаро магӏарул росабазул бугеб ахӏвал-хӏалалъулги магӏарулазулги. Хъвадарухъабазулги рес буго жидерго асарал журналазда рахъизе, тӏахьал риччазе. Цӏалдолесул гьединаб рес букӏунаро. Гьединлъидал гьев вохула, жиндирго макъала газеталда батани.\nДагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магӏарул секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Патахӏовас кӏвар кьуна гьадинаб хӏужаялде. Масала, хъвадарухъаби-классиказул премиязе гӏоло тӏоритӏулел тадбиразда жигараб гӏахьаллъи гьабизе гьезул ракьцоял-районалъул бутӏрузги. Лъикӏаб букӏинаан гьезги, бергьаразе шапакъатал кьолелъулги, гьенибги лъикӏабго гӏахьаллъи гьабизе. Масала, «Хӏакъикъат» газеталъ гьабсагӏаталда лъазабун буго Мухӏамад Шамхаловасул премиялъе конкурс. Щай бегьилареб гьениб гӏахьаллъизе Цӏумада районалъул администрацияги!?\nГьединго Мухӏамадица бицана соналдаса соналде гӏодобе кколеб бугеб подпискаялъул хӏакъалъулъги:\n— Нилъеца, магӏарул мацӏалда риччалел «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазги «Хӏакъикъат» газеталъги гьабулеб буго цохӏо хӏалтӏи. Гьеб хӏалтӏул хӏасил ккезе ккани, кидаго цадахъги рукӏине ккола нилъ. Гьединлъидал лъикӏабги букӏинаан, подпискаялъул заманалдаги, тадбирал цадахъ тӏоритӏани. Щай бегьуларел цадахъ гьоболлъухъ рилълъине магӏарул росабалъе, гӏодоблъиялда ругел магӏарулал ругел районазде. Гьеб мехалда рес букӏина подписка цӏикӏкӏинеги, — ян абуна гьес.\nДагъистаналъул халкъияв шагӏир Къурбанмухӏамад Мухӏамадовасги баркала загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазе.\n— Газета кидаго букӏана щибаб магӏарул рокъобе щолеб божараб гьудуллъунги гьоболлъунги. Гьенисан лъалаан магӏарулазда ждерго тарихги маданиятги. Гьеб цӏалулаан гъираялда. Амма ахирал соназ гьеб хъвалезул къадар дагьлъулеб буго. Киналго социалиял гьиназде руссун руго. Бихьулеб буго газеталъулъ лъугьунел ругел лъикӏал хис-басиялги, — абуна гьес.\nДанделъиялде рачӏараз цоги нухалда хӏалтӏулъ чӏахӏиял хӏасилалги бергьенлъабиги гьарана газеталъул хӏалтӏухъабазе."}
{"slug": "9160-narattyubeyal-ul-gaburl-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9160-narattyubeyal-ul-gaburl-ukh", "title": "Нараттюбеялъул габурлъухъ", "date": "2020-08-06 14:19:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Вуз лъугӏарал студентазе дипломал кьеялъул гӏадатияб гуреб къагӏида тӏаса бищун буго ДГУялъул экологиялъул (Институт Экологии и Устойчивого Развития) факультеталъ.\nАрал гӏодоркъояз студентал ракӏарун рукӏана Махӏачхъалаялда тӏаде балагьараб Таргъуялда гъоркье. «Хъиргъу» тукадаса рикӏкӏад гьечӏого, магӏардехун унеб рацӏцӏалъиялда рищни-къулги бакӏарана гьез. Гьезие хӏалае рахъине гьенире рачӏун рукӏана Махӏачхъалаялъул бесдал лъималазул рокъоса лъималги.\nНараттюбеялъул габурлъийин абулеб бакӏ ккола гьеб. Багӏараб Тӏехьалде росарал къанагӏатал тӏегь- хергун рухӏчӏаголъиги бугин гьенибилан бицана факультеталъул мугӏалимзабаз.\nПалхӏасил, гьениб батараб рищни- къулги бакӏарун, дипломалги кьун хадуб гӏуцӏана тепсиги.\nГьенире гьоболлъухъе ахӏун рукӏана Олимпиялъул хӏаязул чемпион Хӏайдарбег Хӏайдарбеговги «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мухӏамадовги.\nЖибго экологиялъул факультеталъул хӏалтӏуда хурхун, гьелъул декан Гӏалимурад Хӏажиевас «Хӏакъикъаталъе» бицана гьанже факультеталъул къимат борхулеб бугилан.\n— Масала, коронавирусалдаса хадуб бичӏчӏулеб буго тӏабигӏаталда лъугьунел хаслъабазе къимат кьолел вирусологалги, экологалги, гьезда релълъаралги хӏажат рукӏин.\nАмма вузазде лъугьунелъул географиялъул предмет тӏадаблъун гьабун гьечӏолъиялъ, ЕГЭ кьолезги гьеб предмет тӏаса бищулеб гьечӏо. Гьединлъидал цӏакъго дагьал гурони гьечӏо экологиялъул факультеталде лъугьунел гӏолилал.\nГьедин, тӏолабго республикаялдаго ЕГЭялда географиялъул экзамен тӏаса бищун буго 23 цӏалдохъанас. Амма гьезул 16-17-ясда гурони кӏвечӏо гьеб букӏине кколедухъ кьезе.\nНилъ рукӏуна нилъее ватӏан, Дагъистан бокьизе кколилан бицунел. Школаздагицин географиялде гьедин хашаб бербалагьи батани, кин нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъерго ракь бокьизабилеб? Нижеца школлъималазда гьоркьоб (9-11 классал) анкетирование тӏобитӏун букӏана. Гьезул жавабазда рекъон, нилъер гьанир рагӏула хъахӏал циялги, жирафалги, гьединалго цогидал хӏайваналги.\nГьездаги гӏайиб щиб, школазда географиялда тӏасан хӏучч цӏалеб бугони? Ихтияр щун букӏунилан, директорзабаз жидеего бокьарал предметазул сагӏтал дагьлъизарулел руго, — ян бицана Гӏ. Хӏажиевас.\nГьезул факультеталдаса къватӏире риччарал гӏолилал хӏалтӏулел руго Тӏабигӏиял бечелъабазул министерствоялда, Росприроднадзоралда. Хасго гьанже ракьазул суал хӏалуцун бугеб мехалдаги къваригӏунел руго экологиялъул специалистал (кадастралъул багьа-къадар чӏезабиялъе, картография гӏуцӏиялъе).\nТуризм цебетӏезабизе кколин абураб суал цебе лъун буго республикаялда. Гьелъиеги махщелчагӏи хӏажалъула (масала, маршрутал чӏезаризе).\nГьединго, деканас бицухъе, гӏелмиял хӏалтӏаби цадахъ гьаризе Россиялдаса махщелцоялги рачӏунел руго гьезухъе. Масала, гьабсагӏаталда Хъумторхъала районалда руго Новосибирскиялдаса, Томскиялдаса рачӏарал экологал. Гьез цӏех-рех гьабулеб буго тӏабигӏаталда вирусал, гӏункӏкӏал кин тӏиритӏулелали.\nАмма, кин букӏаниги, школазда 23 цӏалдохъанас гурони география кьолареб мехалда, жидее захӏмалъулеб бугин хӏалтӏи гӏуцӏизеян абуна Гӏалимурад Хӏажиевас. Курс гӏезе ккани, 60 чи восизе ккола цӏализе."}
{"slug": "9161-narattyubeyal-ul-gaburl-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9161-narattyubeyal-ul-gaburl-ukh", "title": "Нараттюбеялъул габурлъухъ", "date": "2020-08-06 14:19:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Вуз лъугӏарал студентазе дипломал кьеялъул гӏадатияб гуреб къагӏида тӏаса бищун буго ДГУялъул экологиялъул (Институт Экологии и Устойчивого Развития) факультеталъ.\nАрал гӏодоркъояз студентал ракӏарун рукӏана Махӏачхъалаялда тӏаде балагьараб Таргъуялда гъоркье. «Хъиргъу» тукадаса рикӏкӏад гьечӏого, магӏардехун унеб рацӏцӏалъиялда рищни-къулги бакӏарана гьез. Гьезие хӏалае рахъине гьенире рачӏун рукӏана Махӏачхъалаялъул бесдал лъималазул рокъоса лъималги.\nНараттюбеялъул габурлъийин абулеб бакӏ ккола гьеб. Багӏараб Тӏехьалде росарал къанагӏатал тӏегь- хергун рухӏчӏаголъиги бугин гьенибилан бицана факультеталъул мугӏалимзабаз.\nПалхӏасил, гьениб батараб рищни- къулги бакӏарун, дипломалги кьун хадуб гӏуцӏана тепсиги.\nГьенире гьоболлъухъе ахӏун рукӏана Олимпиялъул хӏаязул чемпион Хӏайдарбег Хӏайдарбеговги «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мухӏамадовги.\nЖибго экологиялъул факультеталъул хӏалтӏуда хурхун, гьелъул декан Гӏалимурад Хӏажиевас «Хӏакъикъаталъе» бицана гьанже факультеталъул къимат борхулеб бугилан.\n— Масала, коронавирусалдаса хадуб бичӏчӏулеб буго тӏабигӏаталда лъугьунел хаслъабазе къимат кьолел вирусологалги, экологалги, гьезда релълъаралги хӏажат рукӏин.\nАмма вузазде лъугьунелъул географиялъул предмет тӏадаблъун гьабун гьечӏолъиялъ, ЕГЭ кьолезги гьеб предмет тӏаса бищулеб гьечӏо. Гьединлъидал цӏакъго дагьал гурони гьечӏо экологиялъул факультеталде лъугьунел гӏолилал.\nГьедин, тӏолабго республикаялдаго ЕГЭялда географиялъул экзамен тӏаса бищун буго 23 цӏалдохъанас. Амма гьезул 16-17-ясда гурони кӏвечӏо гьеб букӏине кколедухъ кьезе.\nНилъ рукӏуна нилъее ватӏан, Дагъистан бокьизе кколилан бицунел. Школаздагицин географиялде гьедин хашаб бербалагьи батани, кин нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъерго ракь бокьизабилеб? Нижеца школлъималазда гьоркьоб (9-11 классал) анкетирование тӏобитӏун букӏана. Гьезул жавабазда рекъон, нилъер гьанир рагӏула хъахӏал циялги, жирафалги, гьединалго цогидал хӏайваналги.\nГьездаги гӏайиб щиб, школазда географиялда тӏасан хӏучч цӏалеб бугони? Ихтияр щун букӏунилан, директорзабаз жидеего бокьарал предметазул сагӏтал дагьлъизарулел руго, — ян бицана Гӏ. Хӏажиевас.\nГьезул факультеталдаса къватӏире риччарал гӏолилал хӏалтӏулел руго Тӏабигӏиял бечелъабазул министерствоялда, Росприроднадзоралда. Хасго гьанже ракьазул суал хӏалуцун бугеб мехалдаги къваригӏунел руго экологиялъул специалистал (кадастралъул багьа-къадар чӏезабиялъе, картография гӏуцӏиялъе).\nТуризм цебетӏезабизе кколин абураб суал цебе лъун буго республикаялда. Гьелъиеги махщелчагӏи хӏажалъула (масала, маршрутал чӏезаризе).\nГьединго, деканас бицухъе, гӏелмиял хӏалтӏаби цадахъ гьаризе Россиялдаса махщелцоялги рачӏунел руго гьезухъе. Масала, гьабсагӏаталда Хъумторхъала районалда руго Новосибирскиялдаса, Томскиялдаса рачӏарал экологал. Гьез цӏех-рех гьабулеб буго тӏабигӏаталда вирусал, гӏункӏкӏал кин тӏиритӏулелали.\nАмма, кин букӏаниги, школазда 23 цӏалдохъанас гурони география кьолареб мехалда, жидее захӏмалъулеб бугин хӏалтӏи гӏуцӏизеян абуна Гӏалимурад Хӏажиевас. Курс гӏезе ккани, 60 чи восизе ккола цӏализе."}
{"slug": "9162-fleksneril-shigellayal-khial-gabuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9162-fleksneril-shigellayal-khial-gabuleb-bugo", "title": "Флекснерил шигеллаялъ хӏал гьабулеб буго", "date": "2020-08-06 15:06:47", "categories": ["med"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас тӏобитӏараб Эпидемиязде данде къеркьолеб комиссиялъул данделъиялда бицана чехь-бакьазул рахунел унтабазул хӏакъалъулъ.\nРоспотребнадзоралъул регионалияб хъулухъалъулги ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъулги баяназда рекъон, 2020 соналъул анлъго моцӏида жаниб бакьазул рахунел унтабаз унтана гӏадамазул 13,3 %. Цебесеб соналде дандеккун, гьел унтабазул къадар дагьлъана 52,3 проценталъ.\nУнтарал дагьлъиялъе гӏиллалъун махщелчагӏаз рехсолеб буго коронавирусалде дандечӏеялъул мурадалда гӏуцӏарал тадбирал. Амма, Потребителазул ихтиярал цӏуниялъул ва инсанасул сахаватаб гӏумру гӏуцӏиялъул рахъалъ Федералияб хъулухъалъул ДРялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул баяназда рекъон, буго бакьазул рахунел унтабазул ахӏвал-хӏал хӏалуцараб 14 муниципалитет. Гьезда гьоркьор рехсана Гъизляр, Хасавюрт, Махӏачхъала шагьарал ва Хъумторхъала, Тарумовка, Карабудахкент, Каякент районал. Гӏемерисел бакӏазда гӏиллалъун ккола лъикӏаб даражаялъул гьекъолеб лъим гьечӏолъи ва ралъдал рагӏаллъабаздагун пляжазда чороклъи букӏин.\nУнтарал гӏадамазда гьоркьоса бищун гӏемер руго 17 сон бачӏел лъимал (75,6№), гьезда гьоркьосаги 49% ккола кӏиго лъагӏел бачӏел лъимал. «Флекснерил шигеллаялъ (унти ккезабулеб бактерия – ред.) дизентерия ккезабурал гӏадамазул къадар бахана 76,1 проценталде. Гьелъ нугӏлъи гьабула унти лъедасан бахунеб букӏиналъе. Хӏажат буго рогӏразухъан чвахулеб лъел халгьабизе, хасго унтарал гӏемер ругел бакӏазда», — ян бицана Н. Павловас.\nЭпидемиялъул цӏех-рех гьабулаго загьирлъана: исана июлалъул къого къоялда жаниб унти бахиналъе гӏиллабазул 16 процент ккола ралъдал ва рукъзабахъе бачараб гьекъолеб лъим. Май моцӏалда букӏана 7,2%. Дербент, Гъизляр, Буйнакск, Избербаш ва Каспийск шагьаразул гӏадамазул рукъзабахъе лъим бачӏуна радал-бакъанида, ай пулунал сагӏтазул заманалда. Гьелъги цӏикӏкӏинабула лъим чороклъиялъул ва гьелдалъун бакьазул унти ккезабиялъул хӏинкъи.\nДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул ишал тӏуралей Татьяна Беляевалъ абуна Хасавюрт ва Гъизляр шагьарал ругин бакьазул унтаби рахиналъул рахъалъ цебесеб кьерда.\nГьенибги аслияб гӏилла буго чорокаб лъим хӏалтӏизаби. Камуларо кванил нигӏматал цӏуниялъулъ хашлъи теялдалъун унтиялъул хӏужабиги.\nРалъдал лъим чороклъиялъе гӏиллаги рехсана данделъиялда: канализациялъул ва цӏадал ралеб заманалда къватӏаздаса чвахулел лъаразул лъим гъорлъе бачӏин.\nЛъел инфраструктура къачӏаялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул Бакӏал раялъулгун ЖКХялъул министерствоялъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Супигӏумар Аслановас. Гьесул баяназда рекъон, республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон, ункъо млрд гъурщихъ базе буго 102 лъел объект. Гьедигӏанасебго гӏарац бачӏине буго «Бацӏцӏадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъонги (гьеб проекталъе бихьизабун буго анлъго лъагӏел). 61 объект балеб буго исана, лъагӏалил ахиралде хӏалтӏизе байбихьизе ккола 29 объект. Республикаялъул нухмалъиялъул берзукь буго Дербенталдаги, Махӏачхъалаялдаги, Каспийскалдаги ралел ругел лъим бацӏцӏад гьабиялъул объектал."}
{"slug": "9164-sagiadu-khiazhiyasul-mukhiamad-afandi-k-s-1915-1995", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9164-sagiadu-khiazhiyasul-mukhiamad-afandi-k-s-1915-1995", "title": "Сагӏаду-хӏажиясул Мухӏамад-Афанди (къ.с) (1915-1995)", "date": "2020-08-07 07:35:51", "categories": ["history"], "text": "Устарзабазул изну кодосев къутӏбу Сагӏаду-хӏажиясул Мухӏамад гьавуна гӏалимчи Сагӏаду-хӏажиясул хъизамалда. Сагӏаду-хӏажиявги вукӏана хӏежги борхарав, жинца устарлъиялъе кьураб изнуги бахчарав лъикӏав гӏалимчи. Гьитӏинго малъана гьес жиндирго вас Мухӏамадида Къуръан ва гӏелму. Росулъ гӏелму цӏализе санагӏатги ккечӏого, Сагӏаду- хӏажияс вас витӏана Кӏаратӏа мадрасалда цӏализе. Сагӏаду-хӏажиясул Мухӏамадги Мухӏамад Ягӏсубиясул Расулги гьалбадерица балъго рокъ- ор хьихьун цӏализарулел рукӏана.\nКӏаратӏаса тӏад вуссун хадуб Сагӏаду-хӏажияс васасда абун буго: «Мухӏамад, мун вуго дир ункъо ясалда гьоркьов вугев цо вас. Дие бокьун букӏана дур гӏалимчи ва- хъинавизе. Щвараб гӏелмуялда дуца гӏамал гьабуни, гьебги дуе гӏела. Амма тӏарикъаталде гьуинлъиги машаихзабазде рокьиги гьечӏев лъугьинев ватани мун, валлагьги бокьила дие вукӏуналдаса гьечӏого вукӏине, биллагьги бокьила вукӏуналдаса гьечӏого вукӏине, таллагьги бокьила вукӏуналдаса гьечӏого вукӏине», — абун.\nЦо къоялъ Сагӏаду-хӏажиясда батун буго васас жиндасаго балъго босун нахъе лъураб таманча. Щай гьеб босарабилан инсуца гьикъидал, Мухӏамадица абун буго аскӏов чӏезе вацги гьечӏелъул, къо ккараб мехалъ букӏине босун букӏанилан. Цинги Сагӏаду-хӏажияс васасда абун буго: «Вилъа, дуца вихьизаве живго хӏалихьатав вукӏун яргъица вахъинавурав бахӏарчи. Бищунго лъикӏаб ярагъ буго дуего бокьулареб жо чияе гьабичӏого тей, ин ша Аллагь чияца гьабураб дуцаги хӏехьезе ккеларо», — абун. Гьелдаса заманго балалде рузманалде унаго нухда хун ватана Сагӏаду-хӏажи. Гьоркьоб заманго иналде эбелалдасаги ратӏалъана Мухӏамадги ункъайго яцги. Гьеб мехалъ ана 15 сон барав Мухӏамад тӏоцеве Къахӏиса Хӏасан- афандиясухъе (къ.с.). Гьев мубаракас гӏажаиблъи гьабун гьикъана: «Я, дир вас, дур эменги гьечӏо, эбелги гьечӏо, Мун гьаниве витӏизе чиги гьечӏо, кингӏаги дуда гьаниве вачӏине лъараб?» — абун.\nМухӏамадица абуна дида тӏехьалда батанин хварал эбел-инсул адаб гьабилъун кколин гьезие рокьа- рал рокьи, гьезда рихарал рихин. Инсуе хириял чагӏи нуж рукӏиндал вачӏанилан. Хӏасан-афанди (къ.с.) цӏакъ вохана. Гьикъизе чи гьечӏев Мухӏамадида гьев мубаракас малъана кинабго жо истихаралдалъун гьабеян. Гьелдаса нахъе Хӏасан устарасул (къ.с.) рокъоса чилъун лъугьана Мухӏамад. Устарасухъе рачӏунел чагӏазда гъорлъ жиндаса гьитӏинав чи вукӏинчӏилан бицунаан Мухӏамадица. Хӏасан устар (къ.с.) ккун вачун ун хадуб Сагӏаду- хӏажиясул Мухӏамад Занатӏаса Шейхул Исламгун цадахъ хьвадана Къахӏиве Мухӏаммадгӏарипихъе (къ.с.) ва цогидал росабалъ ругел гӏалимзабазухъе. Гьитӏинго тӏадчӏана гӏелмуялда ва тӏарикъаталда, хӏасилалда гӏолохъанго тӏадегӏанаб макъамалде вахана. Гьев вукӏана 10-15 соналъ жиндир баракат щваяв Къахӏиса Мухӏамадгӏарип-афандияс (къ.с.) цӏализавурав чи. Мубарак гӏемерав щолаан Гьандихъе — Хӏумайд-афандиясухъе (къ.с.), Гӏуриве — Хӏусенил Мухӏамад- афандиясухъе (къ.с.), Лъахъе — Хӏамзат-афандиясухъе (къ.с.) ва цогидалги бакӏазде. Сагӏаду-хӏажиясул Мухӏамадие (къ.с.) изну кьуна Къахӏиса Мухӏамадгӏарип-афандияс (къ.с.) ва Инхоса Гӏабдулхӏамид- афандияс (къ.с.), амма гьес гьеб живго хвезегӏан балъго гьабуна. Гьелъие гӏиллаги букӏана даража щвей гуребги, доб заманалда кутакаб рагъ балеб букӏана диналда данде ва гӏакъуба кьолеб букӏана диниял церехъабазе.\nТӏарикъаталъул киналго муракъаби-макъамал Гьандихъа Хӏумайд- афандияс (къ.с.) лъугӏизаруна Сагӏаду-хӏажиясул Мухӏамадил.\nКӏикъоялда анцӏабилел соназдаса байбихьун Къахӏиса Мухӏамадгӏарипицаги (къ.с.) Мухӏамад-афандиясги (къ.с.) кӏудияб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналда ислам цӏунун хутӏиялъе ва тӏарикъат цебетӏеялъе. Кир гӏелму цӏалулел чагӏи ругилан рагӏаниги, гьезухъе кумекалъулаб квер бегьулаан гьел мубараказ.\nХасго щулияб вацлъиги гьудуллъиги букӏана Мухӏамад-афандиясул (къ.с.) Сасикьа Хӏусен устарасулгун (къ.с.). Гьединабго вацлъи букӏана гьесул магӏаруллъиялдаго рагӏарал гӏалимзаби Къородаса Гӏабдулгъапурилгун, Гӏасаса Ичӏилгӏалил Мухӏамадилгун, Занатӏаса Шейхул Исламилгун, Кудалиса Мухӏамадилгун, Гьоцӏалъа Хӏажиясул Мухӏамадилгун ва Гӏабдулмажидил Мухӏамадилгун.\nСагӏаду-хӏажиясул Мухӏамад (къ.с.) вукӏана исламалъ живги жинца исламги берцин гьабураб хьвада- чӏвадиялъул чи. Щиб жо исламалъ беццаниги гьесда берцин бихьулаан, щиб жо гьукъаниги гьебги рихунаан. Гьев вукӏана цӏакъго напс гьечӏев чи. Цӏакъ бокьулароан мубаракасе машгьурлъи. Гьелъие нугӏлъи гьабула Гьоцӏалъа Гӏабдулмажидил Мухӏамадихъе хъвараб гьесул кагътида ругел гьадинал мухъазги.\nДун агьлулъун гьечӏеб\nлъикӏаб цӏарги лъун,\nРахӏат толеб гьечӏо дие гӏадамаз.\nДидаги лъалареб,\nдунги лъалареб,\nЦо рукъалъул бокӏон\nанищан вуго.\nСагӏаду-хӏажиясул Мухӏамад (къ.с.) гӏумруялдаса ватӏалъана 1995 соналъул 24 июлалда, гӏумруялъул 80 сон бараб мехалъ.\nЗиярат буго жиндирго гӏагараб росулъ. Вукъун вуго «Гохӏда» абулел хабалалъ."}
{"slug": "9165-tiabigiat-tsiuniyal-e-kurab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9165-tiabigiat-tsiuniyal-e-kurab-giumru", "title": "Тӏабигӏат цӏуниялъе кьураб гӏумру", "date": "2020-08-07 08:29:31", "categories": ["insan"], "text": "Лъаратӏа районалъул Гъерел росулъа Мухӏамадов (Малаев) Гӏабдул вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи. Гьесул хӏалтӏулаб гӏумру байбихьана Шуланиб росдал школалъул байбихьул классалъул учительлъун хӏалтӏиялдаса. Гьенисан ана армиялде ва тӏад вуссиндал Гӏабдулада бихьана Лъаратӏа районалъул тӏабигӏаталъе браконьераз гьабулеб бугеб зарал. Гьеб мехалда гьесда ракӏалде ккана гӏагараб ракьалъул тӏабигӏат цӏуниялъе гӏоло гӏумру кьезе.\nИркутскиялъул росдал магӏишаталъул институтги лъугӏизабун, Гӏабдула вачӏана районалде охотоведлъун хӏалтӏизе. Гьесул хӏаракаталдалъун, 1984 соналда Лъаратӏа районалъул ракьалда рагьана «Гутонский» заказник ва гьелъие кьуна цо охотоведасул ва анлъго егерасул штатал. Егераллъун росана лъай бугел гӏолохъаби, заказникалъул ракь бикьана анлъго бутӏаялде. Гьениб лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏиялъул мурадалда егеразухъе кьуна чуял, табелалъулаб ярагъ, патронал, дурнаби, дневникал ва каранда ралел гӏаламатал. Щивав егерас жаваб кьезе кколаан жиндирго жавабчилъиялда гъоркь бугеб участкаялда ругел гӏалхул хӏайваназул.\nГӏабдулал бетӏерлъиялда гъоркь егераз унго-унгояб рагъ лъазабуна браконьеразде данде. Масала, мех-мехалда вертолетазда, гьединго чуязда рекӏун, заказникалде балъго чан гьабизе рачӏунаан Азербайжаналдаса ва Гуржиялдаса браконьерал. Гьезулгун тунка- гӏусиялги камулароан. Гьединаб лъугьа-бахъиналъул цо мисалги бачинин.\n— Нижеца заказникалда тӏобитӏулеб букӏана иргадулаб хал гьаби. Маркӏачӏул гӏужалда вихьана Гуржиялдаса вачӏарав ункъояв. Хӏукму гьабуна гьел кквезе. Щивав егерасе кьуна хасаб тӏадкъай ва, дандечӏей гьабуни, кьвагьеянги лъазабуна. Охотнадзоралъул удостоворение бихьидал, браконьераз дандечӏей гьабичӏо. Гьел ратана Тбилисиялдаса стендовияб речӏчӏиялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Тамази Тидиашвили ва гьезул гьудулзаби. Нижеца гьезухъа ярагъ бахъана», — ян бицана Гӏабдулаца.\nГӏабдулал бахӏарчилъиялъул бицунеб цоги лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Доб букӏана 1987 соналъул хасел. Махӏачхъалаялдаса вачӏунев Гӏабдула тӏаде ккана, гӏазуца нух къан, Лъаратӏаса тӏадехун бугеб Тӏохьотӏа росдада аскӏой хутӏарай Къамилухъа кӏиго гӏаданалде. Къаси гьенир хутӏаралани, руччаби цӏорон холаан. Тӏилицаги кверазги гӏазуги нахъе хъван, балагьун нухгун, Гӏабдулаца ракӏ-макӏги гьабун, руччаби церехун рачана. Салда росдада аскӏоре щолеб бакӏалда, тӏун бачӏараб гӏансиялъ рачун, гьел лъабалго Журмут гӏурулъе ккана. Лъеца росун унел руччаби гьес хвасар гьаруна ва кьо бугеб рахъалде нух балагьана. Ахӏи балел руччабазул гьаркьал рагӏун, кумекалъе рачӏана Салда росдал гӏадамалги. Гӏабдулал гьунаралъ хвалдаса йорчӏизаюна кӏиго гӏолохъанай гӏадан.\n«Дагъистан» заповедникалда гьоркьобе унеб «Гъизляралъул залив» участкаялъул хӏалтӏи нахъеккун бугинги абун, гьениб хӏалтӏи чӏаголъизабизе кумекалъе витӏана Гӏабдула. Гьеб участкаялда батичӏо я хӏалтӏухъабазе мина-рукъ, я транспорт. Инспекторал хӏалтӏуде рачӏине кколаан Гъизляралдаса яги, чадирги чӏван, гьенирго чӏезе кколаан. Гьеб квалквалги хӏисабалде босун, Гӏабдулаца участкаялда бана лъабго рукъ бугеб мина, гьелда сверун цӏана сетка, бачана ток, лъим, чӏана гъутӏби. Минаялда аскӏоб эхетана 20 метр борхалъиялъул маххул вышка. Къокъабго заманалда хӏалтӏул хӏасилал лъикӏлъана ва дагь-дагьккун браконьеразе нухал къана. Амма заповедникалъул нухмалъи рекъечӏо гьесул жигарчилъиялда. Рухӏги хӏалги кьун тӏабигӏат цӏунулев Гӏабдуладаса гьезие рокьана жидеего багӏараб ччугӏаги чӏегӏераб икраги чӏезабулел егерал. Кӏудияв хӏакимас гьесда рагьун абуна: «Лъикӏаб букӏина мун Сары- кумалъул салул гохӏал цӏунизе ани», — ян.\n«Сали цӏунизе гуро дун цӏалун вукӏарав», — ан Гӏабдулаца дагӏба байдал, гӏилла гьечӏого хӏалтӏуде вачӏинчӏогоян багьанаги батун, гьев хӏалтӏудаса вахъана. Верховный судалде гӏунтӏун гӏарз гьабиялъул хӏасилги ккечӏо. Гӏабдула кидаго вукӏана жигарав жамагӏатчилъун. Гъерел росулъ гьес гьабуна жамгӏаталъе пайдаяб гӏемераб хӏалтӏи. Масала, вертолеталда цементги маххги рехун, гьес бана росдае кьо. Рохьобго хъаршиги хӏадурун, росдал мажгиталъул чӏабар къачӏана…\nГӏумру гьабизе Журмут росулъе вахъиндалги Гӏабдулаца гӏемераб хӏалтӏи гьабуна: росдал цо авалалде лъим бачиналъе ва каналал жаниса рацӏцӏад гьариялъе. Квербакъана цӏияб мажгит баялъеги."}
{"slug": "9166-gurkhiel-rakhimuyal-ulgi-giorkh-i-bukiuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9166-gurkhiel-rakhimuyal-ulgi-giorkh-i-bukiuna", "title": "Гурхӏел-рахӏмуялъулги гӏорхъи букӏуна", "date": "2020-08-07 08:34:41", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Шагьаралъул къватӏазда гьардухъабаз гьабулеб «бизнесалъул» хӏакъалъулъ лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьезие гӏарац кьезе бегьуларин гьарулел малъа-хъваялги гӏемер рагӏула. Къватӏазда гӏарац бакӏарулел гьардухъабазе кисинир ратарал гъурщал кьунин абун нилъги мискинлъиларо. Гьединаб «садакъаялъул» кумекалдалъун, хӏалтӏичӏого, кӏудияб гӏакъуба бихьичӏого бигьаяб гӏумруялде гьардухъаби ругьун гьари гуреб тӏокӏаб пайда гьелдаса бихьуларо. Ахирал соназдаян абуни, къватӏазда рукӏунел гьардухъабаздаса гӏемерго цӏикӏкӏун руго Интернеталдаса гьардолел гӏадамал. Исламалда рекъон, гьардухъанлъиялъул пишаялда нилъ тӏад рекъезе бегьулищ? Гьереси бицун гьардолезе РФялъул законалда рекъон тамихӏ гьабулищ?\nЧанго соналъ цебе социалиял гьиназул кумекалдалъун унтарав чи сах гьавизе гӏарац бакӏарулеб букӏун батани, гьанже гьеб къагӏидаялдаса пайда босулеб буго гӏарац къваригӏарав бокьарав чияс. Къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго цӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул фондалги. Унтарал сах гьаризеги, кӏудиял ва ресукъал хъизамазе кумек гьабизеги, тӏабигӏиял балагьаздалъун зарал ккаразеги, рукъ гьечӏого хутӏаразеги ва цогидалги санагӏатазе гӏарац гьарулеб буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз. Цо-цо мехалдайин абуни гӏумру гьабиялъе цӏакъго чара гьечӏеб жоялъе гӏологи гӏарац гьарун хъвадарулел руго гӏадамал социалиял гьиназдаса. Гӏадамал ругьунлъулел руго гьардон бетӏербахъи гьабизе. Гьеб гурхӏел-рахӏмуялъул лъикӏаб ишги буссунеб буго хӏиллачилъиялде.\nРалагьарал гурхӏизаризе кӏвани – гӏарацги цӏикӏкӏина\nГьаб макъала хъвазе ракӏалде ккана, ахираб заманалда, къойилго гӏадин гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз кумек гьарун социалиял гьиназда лъолел видео-роликал рихьидал. Кваназе рокъоб чадил кесекцин гьечӏин, жал ракъуца холел ругин, Аллагьасе гӏололъун кумек гьабеян, гӏодилаго гьардолел ругоан гьитӏинал лъималгун руччаби. Гӏемерисел руччаби ругоан росас лъималгун рехун танин абун кумек гьарулел, цогидал — бетӏергьанчи унтун вугин, хӏалтӏизе рахъине рес гьечӏин абун. Цохӏо чӏужугӏаданалъухъа бажарулеб гьечӏо щуго-анлъго бакъараб чехь гӏорцӏизегӏан магӏишат гьабизе. Гьезухъ ралагьидал ракӏалде ккола – унго бихьиналгойищ гьечӏел гьезул тухумалда гьедин лъималги рехун тун чӏарав инсуда цо рагӏи абизегоян.\nГурхӏел-рахӏмуялъул фондаз социалиял гьиназда лъолел видео- роликал руго цоял цояздаса «кутакал», балагьарав чиясул ракӏ гурхӏизабулел. Цереккунго рекӏехъе лъазарурал «нижер рокъоб квине жо тӏагӏун буго», «нижер эбел унтун йиго», «Аллагьасе гӏололъун кумек гьабе нижее» абун гӏодилаго кӏалъалел лъимал рихьидал, лъилха ракӏ гурхӏилареб? Щай гьурмалги рахчизаричӏого халкъалда рихьизе лъималазул видео бахъизе эбел-инсуца биччалеб? Интернеталде раккизе рес бугел телефонал камурал лъимал къанагӏат гурони гьечӏо. Гӏемерисел улбуз 8-9 сон баралдаса нахъе сайгъат гьарулел руго лъималазе гьединал телефоналги. Классцояз рогьо базе рес бугогури эбел-инсуца гьардезе тӏамулел лъималазда. Лъималазул психикаялъе бигьаяб жойищ гьеб?\nЧияца хьихьизе ресги букӏаго хӏалтӏунго щай?\nГьитӏинго эбел-инсуца гьардезе тӏамулел лъималазул психикаялъулъ лъугьунел хиса-басиязул хӏакъалъулъ бицана хъизамалъул психолог Рукъият Багамаевалъ:\n«Тӏоцебесеб иргаялда, гӏемерлъимал ругеб хъизамалъул бетӏер – инсуда бичӏчӏизе ккела гьел гьарураб гӏолареблъи, хьихьизе ккани хӏалтӏизеги кколеблъи. Эбел-эмен унтарал ратани – гьеб батӏияб иш буго, амма гьедин батаницин лъимал гьардезе тӏами рекъараб гьечӏо. Лъималазул букӏинеселъул ургъел бугей эбелалъ, кигӏанго захӏматго бугониги жиндирго лъимер гӏарцуе гӏоло гӏадамал гурхӏуледухъ видеоялда бахъизе рес гьечӏо. Сахлъи бугони хӏалтӏизе хӏаракат бахъила, унтун рес къотӏун йигони — кумекги жинцаго гьарила. Гьарун ва гӏакъуба бихьичӏого щвараб гӏарац рокъобе бачӏунеб бихьараб лъимер хадубккунги ругьунлъизе буго гьединаб къагӏидаялде. Гьединал лъималазул психика, цогидал лъималазде дандеккун, гӏезегӏанго батӏияб букӏуна. Цӏаличӏого яги хӏалтӏичӏого чияда гьарун гӏарац щолеблъи бичӏчӏараб лъимер лъай ва хӏалтӏи балагьизе лъугьине гьечӏо».\nСоциалиял гьиназул кумекалдалъун гӏемерал ресукъал яги унтарал гӏадамазе кумекалъе хӏалай ратула гӏадатиял гӏадамал. Гьединаз цогидазе кумек гьабула бечелъи-мискинлъиялъухъ балагьичӏого, жидеегоцин хӏалихъе гурони бетӏербахъизе гӏураб магӏишат гьечӏезцин гьабула гьарулев чиясе кумек. Вакъарасда лъикӏ лъалелъул чадил къимат. Садакъа бусурбанчиясе ахираталда батулеб лъикӏаб гӏамал бугин абула, амма гьардон щвараб садакъаялъ цо- цоял чияр «мугъзада раччун» бигьаяб гӏумруялде ругьунлъулел руго.\nГурхӏел-рахӏмуялъул фондазул социалиял гьурмазда цо-цо мехалда рихьула гӏумру гьабиялъе цӏакъго хӏажалъи гьечӏеб къайи-алат босизецин гӏарац гьарулелги. Масала, цо пуланай чӏужугӏаданалъ гьарулеб бугоан жиндие ретӏел чурулеб машина босизе кумек гьабеян. Щуго лъимадул ретӏел чурун хадуй гъолей гьечӏин къварилъахъдулей йигоан гьей. Лъималазул инсуцаги жиндие бигьалъи щибго кумек гьабулеб гьечӏила. Гӏемерисезул гьелда ракӏ гурхӏана эбел-эменги гьечӏей гьей гъарималъе кумек гьабизе ккелин абун. Цо-цо комментаторалин абуни гьелде гӏайибал чӏвалел ругоан, нилъер умумуз щуго гуреб анцӏ-анцӏги гьабулеб букӏанин лъимер, гьез ретӏелги квераз чурулеб букӏанин абун.\nСоциалиял гьиназдаги цо-цо мехалда камуларо чияр къварилъиялдаса пайда босун гӏарац бакӏарулел хӏиллачагӏи. Батӏи-батӏиял гурхӏел- рахӏмуялъул фондазул социалиял гьурмаздаса кумек гьарулезул видео-роликал яги сураталги «рикъун» Интернеталда тӏибитӏизабула, гӏарац бакӏаризе жидерго банкалъул картаялъул баяналги кьун. Гьединал хӏиллачагӏаз чанго къоялда жаниб миллионалцин ракӏарулел руго ва социалиял гьиназдаса кинабго информацияги бацӏцӏун тӏагӏунел руго. Гьединал хӏиллачагӏазда хадуб халкколел хасал къокъабиги руго социалиял гьиназда. Гьез малъулебги буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул хӏакъалъулъ киналго баянал лъазарун гурони лъиего кумек гьабизе гӏедегӏугеян. Бацӏцӏадаб хӏалтӏул фондазги пуланав чиясул картаялъул номералде гуреб, жибго фондалъул хасаб картаялде бакӏаризе кколин гӏарацин рикӏкӏунеб буго гьез.\nЦӏакъго рес къотӏаразе\nисламалъги изну кьола гьаризе\nИсламалда садакъа гьаби цӏакъ беццараб гӏамал бугониги гьардухъанлъи инсанасул къадру гӏодобегӏан гьабулеб жолъун рикӏкӏунеб буго. Нилъер диналда бусурбанчиясул къадру бацӏцӏад цӏунизе, гьев гӏодовегӏан гьавулеб жоялдаса рикӏкӏад чӏезавизе лъикӏаблъун бихьизабула.\nКъватӏазде рахъун гьардолел гӏадамазе гӏарац кьезе бегьулищин абураб суалалъе, ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ гьадинаб жаваб кьолеб буго:\n«Жиндаго хӏалтӏизеги бажарулев ва рескъотӏиялдаги гьечӏев чиясе гьукъараб буго гьардезе. Батӏалъи гьечӏо гьес садакъа, кафарат яги закат гьарулеб бугоницин. Нагагь бечедав ва хӏалтӏун магӏишат гьабизе бажарулев чиясе садакъа кьолеб бугони, гьесие лъикӏаб буго гьелдаса инкар гьабизе. Гӏагарлъиялъ яги гьудул-гьалмагълъиялъ кьураб садакъаялдаса абуни инкар гьабизе рекъараб гьечӏо, гьес инкар гьабиялдалъун гьезда гьоркьоб ракӏ холеб бугони.\nГӏарцудалъун кумек гьабеян гьари — аслияб куцалда гьукъараб жо буго, амма цӏакъго рес къотӏиялда вугев чиясе гӏарцулаб кумек гьаризе изну буго.\nРесалда вугев ва хӏалтӏизеги бажарулев чияс гӏарац гьарани гьев мунагьалъукье ккола. Ресалда вугевин абула закат щоларев чи.\nМискинав чиясгицин цогидазда цеве живго гӏодовегӏан гьавулеб къагӏидаялда садакъа гьаризе лъикӏаблъун бихьизабуларо исламалда. Нухдаса жидерго къваригӏелалъ унел гӏадамазда аскӏоре ун гьар- дейги лъикӏаблъун рикӏкӏунаро. Садакъа кьеян гьардон гӏадамал намуслъизариги хӏарамаб буго.\nЦӏакъго рес къотӏун ва ракъун ругони, жидедаго бугеб хӏал гӏадамазда бихьизабизе ва кумек гьабеян гьаризе ихтияр буго. Амма лъикӏаблъун букӏина гӏадамазда цере инжитлъичӏого гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде ине»."}
{"slug": "9167-khiasil-kveshab-kkechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9167-khiasil-kveshab-kkechio", "title": "Хӏасил квешаб ккечӏо", "date": "2020-08-07 09:00:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исана февралалдаса маялъул ахиралде щвезегӏан «Хӏакъикъаталъул» гьурмазда рахъана «Рагъул лъимал» абураб темаялда тӏобитӏараб конкурсалде рачӏарал цӏалдохъабазул хӏалтӏаби.\nКонкурсалда гӏахьаллъана Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги ичӏго цӏалдохъан. Гьез нижехъе рачӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал жидерго гӏагарчагӏазул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби. Рукӏана рахъун авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул сураталги.\nГӏуцӏун букӏана кӏиго номинация. Тӏоцебесеб номинация – 5-8 классал. Гьелда гӏахьаллъана: Султангӏали Маллаев, Хӏайбат Гӏабдулаева, Камалодин Хӏайдарбегов, Мухӏамад Хӏасанхӏусенов, Мухӏамад Хӏусенов.\nКӏиабилеб номинация – 9-11 классал. Гӏахьалчагӏи: Патӏимат Лабазанова, Шамай Гӏабдулмуслимова, Хӏамзат Хӏусенов.\nВузазул ва колледжазул цӏалдохъабиги нижер конкурсалда гӏахьаллъиялде хьул букӏинчӏо. Амма ниж рази гьаруна ДГУНХялъул студентка Саихӏат Нурмухӏамадова гӏахьаллъиялъ.\nКонкурсалъул аслияб мурад букӏана рагъул кьогӏлъигун захӏмалъи хӏехьарал нилъер ракьцоязул къисмат рагьи. Гьеб махщалида бихьизабуна Болъихъ районалъул Мигӏарсо росулъа Хӏайбат Гӏабдулаевалъ, Патӏимат Лабазановалъ, Шамай Гӏабдулмуслимовалъ, Ленинкенталдаса Камалодин Хӏайдарбеговас ва Мухӏамад Хӏасанхӏусеновас, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Саихӏат Нурмухӏамадовалъ.\nРехсарал цӏалдохъабазул хӏалтӏабазулъ якъинго цебечӏолеб буго мех щвелалдего «кӏодолъун рачӏарал» лъималазул гӏумру. Гьезул макъалаби цӏалараб мехалда, нилъеда бихьулеб буго, рагъде бихьиналги ун, магӏарул росабалъ хутӏарал руччабазгун лъималаз хӏехьараб захӏматаб гӏумру. Гьез гьабулаан колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи. Свак-унтиялъул ва ракъи-къечалъул бицун зигардичӏого, дол соназул лъимал регӏулаан дарсал гьаризеги, школалъул тӏадкъаял тӏуразаризеги, батулаан заман эбелалъе кумек- квербакъиялъеги. Хьул буго, цӏалдохъабазул макъалабиги цӏалун, умумузул яхӏ-намусалдаса чӏухӏарал ва гьезул бахӏарчияб къисматалъе мустахӏикъал гӏолилал куцаялъулъ редакциялъ лъураб гьитӏинаб бутӏаялъул мурад тӏубаялде.\nБаркала буго редакциялъулгун бухьен тӏезе толарел цӏалдохъабазе! Жеги баркала буго газеталъулгун гьудуллъи щулиял ва нижер тадбиразул рахъ кквезе жигаралда хӏалтӏулел магӏарул мацӏалъул учительзабазе: Болъихъ районалъул Мигӏарсоса Жамилат Хӏамзатовалъе, Хасавюрт районалъул Къарланюрталдаса Мухӏамадрасул Мухӏамадовасе, Ленинкенталдаса Патӏимат Хӏайдарбеговалъе.\nКонкурсалъул хӏасилал гьаризе ва гӏахьалчагӏазе сайгъатал кьезе руго хасаб тадбиралда. Гьелъул хӏакъалъулъ лъазабила газеталдасанги интернет-сурсатаздасанги."}
{"slug": "9168-umumuzul-darsaz-kutsaral-vasal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9168-umumuzul-darsaz-kutsaral-vasal", "title": "Умумузул дарсаз куцарал васал", "date": "2020-08-07 09:13:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏумада районалъул росабалъ гьарурал ва гӏурал васаз медалаздалъун бечедаб бачӏин бакӏарана 2019 соналда тӏоритӏарал спортивиял тадбиразда.\nБайбихьана санайилго тӏобитӏулеб халкъазда гьоркьосеб «Иван Ярыгин. Гран-при» турниралдасан. Гьениб бергьенлъи босана Тӏиндиса Мухӏамадрасул Гъазимухӏамадовас, Хъварщиниса Мухӏамадрасул Идрисовас ва Кӏванадаса Шамил Мусаевас. Европаялъул чемпионлъун вахъана Гьадириса Сайпудин Мухӏамадов.\nГьебго соналъ нилъ рохизаруна UFC-алъ тӏобитӏараб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ тӏадагьаб цӏайиялда Россиялдаго тӏоцебесеб чемпионасул рачел босарав Силдиса Хӏабиб Нурмухӏамадовас. Бахӏрейналда тӏобитӏараб квержубараб рагъул рахъалъ дунялалъулго чемпионлъун вахъана Гьигьалъа Мухӏамад Мухӏамадкаримов ва рагъулаб самбоялъул рахъалъ кӏиабилеб нухалдаги чемпионасул цӏар босана Мухӏамад Шагьрудиновас.\n2019 сон бергьенлъабаздалъун бечедаб букӏана ветераназда гьоркьор Россиялъул чемпионаллъун рахъарал Агъвалиса Гӏабдурашид Гӏабдурашидовасеги Лъондодаса Мухӏамад Бадрудиновасеги.\nЦӏумада районалда спортивияб гӏумру цебетӏезабиялда кӏудияб бутӏа лъурав чи ккола Гьигьалъа тренер Тӏалхӏат Гӏабдулбасиров.\n1986 соналда хӏалтӏизе лъугьана Кӏванада росдал школалда учительлъун ва гьенисан байбихьана спорталде тӏоцебесеб гали тӏамизеги.\n— 2007 соналда тӏобитӏана ДРялъул спорталъул, лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул, экономикаялъул министерствабазул хӏалтӏухъаби ва районазул спортивиял гӏуцӏабазул нухмалъулел гӏахьаллъараб данделъи, — ян бицана гьес. – Гьениб дица загьир гьабуна Цӏумада районалда спортсменал хӏадур гьариялъул база гӏуцӏун лъикӏин абураб пикру.\nГьелъул рахъ ккуна, рагӏи кьуна, амма рагӏудаги ишалдаги гьоркьоб кьватӏел лъугьана.\nХадуб баянлъана жалго спортсменазул хӏаракаталдалъун гьеб иш гӏуцӏараблъи. Гьайгьай, спорталде рокьи бугел ва гьелъие гьабулеб харжалда хадур хачадизе ругьунлъичӏел, сахаватал гӏадамазул квербакъиялдалъунха! Масала, Хуштадаса Хӏажиевазул хъизамалъ гьабун буго чанго рукъ, столовая ва цогидалги бакӏал гъорлъе рачараб спортивияб «гьитӏинаб шагьар» жидерго росдада гӏагарлъухъ.\nРиидалил заманалда гьенире рачӏуна спортсменал.\nГьев тренерас хъван буго «Моцӏрол календаралда рекъон гӏисинал гугарухъабазул физическияб хӏадурлъи» абураб тӏехьги. Жеги лъилго кӏвар буссинчӏеб гьеб гӏелмияб бутӏаялъул гӏемерсоназулаб цӏех-рехалъул хӏасилалда Тӏалхӏатица чӏезабун буго моцӏ цӏилъараб, бащалъиялде гӏагарлъараб, бащалъараб ва бащалъиялдаса араб мехалда тӏубанго батӏи-батӏияб асар гьабулин балугълъиялде рахинчӏел гӏисинал гугарухъабазул спортивияб хӏадурлъиялъеян. Бихьизабулеб буго моцӏ цо хӏалалдаса цоги хӏалалде сверулеб заманалда цӏикӏкӏун кӏвар кьезе кколин. Чӏванкъотӏун абуни, гьел ругин моцӏрол календаралъул микьабилел, анцӏила щуабилел, къоло кӏиабилел ва къоло ичӏабилел къоял.\nНилъер мугӏрузулаб улкаялъул цӏар дунялалдаго рагӏизабурал Цӏумада районалдаса спортсменал хӏадур гьариялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Тӏалхӏат Гӏабдулбасировасул тренерлъиялъулаб хӏаракатчилъиялъ.\nГьев вуго ДРялъул физическияб культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, РФялъул мустахӏикъав тренер. Мустахӏикълъана ДРялъул бищунго тӏадегӏанаб шапакъаталъе — «Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» орденалъе.\nГьаниб ахиралда рехсечӏого тезе рекӏее къабуллъичӏо Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул президент, Олимпиялъул чемпион Михаил Мамиашвилица гъоркь гъулбасги гьабун, 2011 соналъул 28 июналда кьураб Грамотаялда ругел рагӏаби: «Цӏумада районалъул Сагид Муртазагӏалиевасул цӏаралда бугеб спортивиябгун методикияб централъул директорасе шапакъатлъун кьолеб буго эркенаб гугари цебетӏезабиялъулъ лъураб гӏемерсоназулаб бутӏаялъухъ ва дунялалъул, Европаялъул чемпион, Олимпиялъулал хӏаязул призер, Тӏолгороссиялъулал къецазул гӏемерал чемпионал ва призерал тарбия кьун гӏезаруралъухъ», — ан."}
{"slug": "9177-svakarab-gimiyal-dandchivaj-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9177-svakarab-gimiyal-dandchivaj-gabuna", "title": "Свакараб гьимиялъ дандчӏвай гьабуна", "date": "2020-08-11 05:39:01", "categories": ["med"], "text": "Унго-унголъунги, гьеб букӏана свакараб гьими – гӏумруялде бугеб гӏищкъуялъ свине жиб течӏеб. Бугониги, гьелъ тӏад буссинабураб божиги хьолбохъго рещтӏун бугоан. Тохтурасул гьурмада бугеб гьеб гьимиялъухъ кӏваркьун ялагьидал, цебе бачӏунеб букӏана, дунялалъего «саламги» кьолаго, гӏаламги бихха-хочизе гьабулаго, гӏумруялда кӏалги гьикъулаго, тӏаде бачӏараб унти. Унха — гьимиги релъиги свакан букӏана. Гьеб бицунеб букӏана гьелдаго хьолбохъ кӏусун букӏараб пашманлъиялъул нуралъги. Букӏаниги, дун къабул гьайизе къуватги гӏуна гьелъул. Бетӏерав тохтурасул бицунелъул, дица цеве чӏезавулев вукӏана согӏаб хасияталъул, хъачӏаб гӏамалалъул бихьинчи. Щибха лъалеб, гьединав ватизеги бегьула гьев, хӏалтӏулги унтаразулги ургъел тӏаде бегарав, Махӏачхъала шагьаралъул № 1 больницаялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Малаев. Жегиги хӏалуцинги лъугӏичӏеб, къоялдаса къоялде гьанжеги унтаразул къадарги цӏикӏкӏине лъугьараб мехалда, цохӏо тохтурасухъа гурони бажарулеб батиларо жиндихъе рачӏаразе гьимизеги рекӏел хӏал бахчизеги.\nСундасанха байбихьилебиланги абун, гьев лъугьана унтул ва гьелде данде къеркьеялъе больницаялъул коллективалъ гьабураб кӏудияб хӏалтӏул бицине.\nКитаялда унти багъарун бугилан рагӏаралдасаго, Хӏажимурадил рекӏее рахӏат букӏинчӏо. Гьесда лъалеб букӏана тӏирабигӏаги щвечӏого хутӏизе гьечӏеблъиги. Амма лъиданиги ккун букӏинчӏо, гӏорхъи бахун гьанибехун щваниги, унтуца гьадигӏанго кьабгӏи щвезабилилан. Россиялъул цо-цо регионазде гьелъ гьужум гьабизе байбихьидалги, дагъистаниязул хьул букӏана гьелъ гьоркьор телилан. Гьезие божизе бокьун букӏинчӏо, жидехъеги гьеб щвезе букӏиналда. Амма республикаялъул киналго больницаби хӏадурлъулел рукӏана ахӏичӏеб гьоболалда «дандчӏвай» гьабизе. Аслияб къагӏидаялда унтарал къабул гьаризе рукӏана шагьаралъул №1 больницаялъ. Ургъизе заман букӏинчӏо. Хӏажимурадида бичӏчӏулеб букӏана жинде тӏаде бегараб бакӏаб ургъалил гьир баччизе цӏикӏкӏараб къуват къваригӏине букӏинги. Больницаялъул киналго хӏалтӏухъабиги цолъун лъугьараб букъараб заргун ана гьел хвалде данде.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул тӏадкъаялдалъун больница хӏадур букӏана унтарал къабул гьаризе. Ва щвана Дагъистаналде кьогӏаб хабар – нухаздасан жиндихъе кквезе щвараб гӏумруги бецулаго, бачӏараб гьелда ракӏалда букӏинчӏо я гӏисиназда, я гӏолилазда, я цӏикӏкӏараб гӏелалда барахщизе. Гьелъие батӏалъи букӏинчӏо — хвалил кумекалдалъун гьелъие бокьун букӏана гӏумру чӏинтӏун рехизе. Хӏажимурадица бетӏерлъи гьабулеб больница лъугьана республикаялъул аслияб госпитальлъун — гьеб хӏадур букӏана азарго унтарав къабул гьавизе.\nВа гьалдана хӏалтӏи госпиталалда…\n15 абилеб апрелалде хӏадур гьабун букӏана 250 унтарасе бакӏ. Жеги анкьидасан — 750 унтарасе бакӏ. Гьел рукӏана цӏакъ захӏматал, гӏумруялъе кӏиабилеб хӏухьел кьезе тохтурзаби хӏудурун чӏун ругел къоял. Анцӏго къоялда жаниб гьабураб хӏалтӏи, абизе бегьула, тохтурзабазе бащалъана тӏубараб лъагӏалидаго. Къойилго тӏоритӏулел рукӏана мастер- классалги, тохтурасул хасаб партал ретӏине-бахъизеги ругьун гьарулел рукӏана тохтурзаби. Унтаразул къадар цӏакъго цӏикӏкӏиналде, киналго тохтурзабазе щвана коронавирус сах гьабизе хӏадур ругилан абурал сертификаталги. Тӏадеги киса-кирего чӏезаруна компьютералги. Гьеб букӏана унго-унгояб бахӏарчилъи — байбихьуда жидее бокьарал гурони багӏараб зонаялде ритӏулеб рукӏинчӏеб гьеб заманалда, цониги тохтурас инкар гьабичӏо.\n— Гьеле доб Дагъистаналъул халкъалъул цолъиги, къохӏехьейги, хӏинкъи гьечӏолъиги. Гьел лахӏзатаз дир рекӏелъ букӏанщинаб рохелги чӏухӏиги. Дие кидаго бокьулаан бидуца бахӏарчилъиялъги яхӏалъги хъвараб тарих бугеб нилъерго халкъ. Гьаб нухалъги къисматалъ киназего рес кьун букӏана цо кибалиго бахчун хутӏун бугеб лъикӏаб яги квешаб гӏамал борчӏизабизе. Гьеб заманалда дида лъилниги цониги квешаб гӏамал бихьичӏо — киналго хӏадурго чӏун рукӏана унтаразухъе гӏумру тӏад буссинабиялъе хӏалтӏи гьабизе. Дида ракӏалде ккола дунялалъулго гӏадамаз ва пачалихъаз цоцазе гьабулеб букӏараб кумекалъул квербакъиялдалъун унти нахъе къаниланги. Гьелъулъ гурищ букӏараб ва бугеб нилъер къуват. Дир щивав хӏалтӏухъан мустахӏикъав вуго бищунго тӏадегӏанаб рецц-бакъалъе. Гьел гьединал лъикӏал ратичӏелани ва рукӏинчӏелани, щибдай дицаги гьабизе букӏараб. Дида цӏакъго лъикӏ бичӏчӏана инсанасул къадруялъул гьабизе кколеб бугеб адабалъул багьаги. Гьел къояз дир батӏияб мурад букӏинчӏо – дир ракӏ бохизабулеб букӏана, унтараз дир больница тӏасабищулеб бугин рагӏараб мехалдаги. Гьеб гурищ тохтурасул унго-унгояб, захӏмалъабиги къезарулаго, къойил тӏезе ккараб гӏетӏалъ лъалъараб талихӏ. Дир яцги цӏакъго захӏматаб хӏалалда унтун йикӏана. Хвалдаги гӏумруялдаги гьоркьой йигей гьелде тӏаде къулун, ракӏ биунеб букӏана дир. Рокъоселги дица квешалде хӏадур гьарун рукӏана. Гьейги цогидалго унтаразда цадахъ гӏаммаб палатаялъуй егун йикӏана. Амма цо къоялъул цо параялъ дида ракӏалде ккана, киналго унтарал руччаби дирго яцаллъунги ккун, киназего дагьабги тӏаде кумек гьабизе, гьабизе щибго жо нахъе тун гьечӏониги, гьелдаго цадахъ Тӏадегӏанасда гьардезеги. Цо кинабалиго гьаракьалъ дида абулеб букӏана, киналго унтаралго гӏадин, дурго яцги унтун йигилан ракӏалдеги ккечӏого, гьел киналго унтарал дурго яцалъул бакӏалда лъейилан. Ва цо гӏажаибаб къуват бачӏана чорхолъе. Аллагьасул кумекалде лъураб кӏудияб хьулалъги дилъго борчӏараб цо къуваталъги кӏун батила дида унтарал сах гьаризе, — йилан бицана Хӏажимурадица.\nЖиндирго хӏакъалъулъ щиб суал кьуниги, гьес коллективалъул бицунаан. Гьебги ккола жавабчилъи цӏикӏкӏараб хъулухъалда вугесул жиндирго хӏалтӏухъабаздехун бугеб адабалъулаб бербалагьиялъул гӏаламат.\nУнтаразул къадар цӏикӏкӏиндал, гӏолел рукӏинчӏо тохтурзаби. Гьеб мехалдаги хӏалае ратана Дагъистаналъул медуниверситеталъул чӏахӏиял курсазул студенталги поликлиникабазул тохтурзабиги. Лъиданиги я гьаризе, я абизе кколеб букӏинчӏо. Киназго хӏалтӏи гьабулеб букӏана, жидеего бокьун.\nГьел моцӏаз больницаялда рагьун букӏана кислородалъул 500 точка. Гьелъул жаваб кьолеб чи вукӏана больницаялъул хӏалтӏухъан Хӏасан. Гьес бахъараб хӏаракаталъул бицунго бахъинаро. Гьел моцӏаз, цогидал хӏалтӏухъабаздаго гӏадин, гьесдаги хъизан-рукъ бихьичӏо. Хӏасан кив вугевилан гьикъун бахъиналде, гьев аскӏов ватулаан. Гьел къояз киназулго мацӏалда букӏана гьесул цӏар.\nГьел захӏматал къояз жидее кумек гьабуразул хӏакъалъулъги бицана Хӏажимурадица. Газеталда рехсогейилан гьес абуниги, диего бокьана сахаватал дагъистаниязул хӏакъалъулъ цоги нухалда киназдаго лъазе.\nМасала, дагъистаниязда лъалев, гӏадамазе кумек гьабун гӏумруялъго свакачӏев Дербенталъул чогърол заводалъул директор Мухӏамад Сагӏадулаев. Гьес гӏарцудалъун гьабураб кумек бахун буго лъабго миллионалде. Гьелде тӏадеги анцӏго миллионалде росун руго медицинаялъул алаталги. Россиялдаго машгьурав ракьцояв Сулейман Керимовасги бачӏун буго больницаялде къваригӏунеб медицинаялъул гӏемераб къайи-къоно. Гьес кьураб гӏарцуда тӏаса киналго тохтурзабазеги ва больницаялъул цогидал хӏалтӏухъабазеги Хӏажимурадица кьун буго премия. Гьанибго рехсезе бокьун буго «Каспий» санаториялъул ва «Журавли» сахлъи щула гьабиялъул централъул нухмалъулелги. Гӏали Ибрагьимовичас ва Мухӏамад Хӏабибовичас цӏакъго лъикӏал шартӏал чӏезарун руго больницаялъул хӏалтӏухъабазе хӏухьбахъиялъе.\nКъисматалда рещтӏараб\nнурлъун батаги\nХӏажимурадие больницаги больницаялъе Хӏажимурадги гӏадин, цоцазе рокьичӏони, хӏалтӏи гьалдолеб батуларо. Гьедин букӏинчӏебани, больницаялде щварав Москваялъул Коммунаркаялъул бетӏерав тохтур Денис Проценкоца абизе букӏинчӏо бахиллъанин жив Хӏажимурадида, гьадинаб коллективгун хӏалтӏизе рес бугевилан абун. Щвараб шапакъатги бицана Хӏажимурадица – гьесие щун буго республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Ивановасул цӏаралдасан Хӏурматалъул грамота. Амма бищунго кӏудияб ва къадруяб шапакъатлъун гьес рикӏкӏунеб буго анцӏ-анцӏ унтарасе цӏидасанги сайгъат гьабизе кӏвараб гӏумруялда рещтӏараб нур. Биччанте Хӏажимурадил къисматалъул нухазда даим кенчӏезе гьеб нуралъул гвангъарал чӏорал.\nГара-чӏвариялъул ахиралда ракӏалде щвана гьесда жиндирго хӏакъалъулъги дагьа-макъабго цӏехезе.\nХӏажимурад Малаев ккола Чӏарада районалъул Кьорош росулъа. Гьавуна ва гӏуна Гъиргъизиялда. 1976 соналда гьезул хъизан гочана Дагъистаналде.\nХӏажимурадица 1982 соналда лъугӏизабуна Чӏарада районалъул Цӏуриб росдал гьоркьохъеб школа. Гьелдаса хадув цӏалана Дагъистаналъул медуниверситеталда, гьенибго лъугӏизабуна ординатураги. Гӏемерал соназ хӏалтӏана медуниверситеталда медреабилитациялъулаб кафедраялда.\n2008 соналда гьес рагьана «Синтез -М» абураб медицинаялъул центрги.\n2013 соналда гьев тӏамула Махӏачхъалаялда бугеб больница- грязолечебницаялъул бетӏерав тохтурлъун.\n2018 соналда нахъе Хӏажимурад Малаев хӏалтӏулев вуго Махӏачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтурлъун. Гьев ккола тӏадегӏанаб категориялъул тохтур. Гьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏарги."}
{"slug": "9178-saligi-gamachigi-gezul-nakh-ratelgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9178-saligi-gamachigi-gezul-nakh-ratelgi", "title": "Салиги, гамачӏги, гьезул нахърателги", "date": "2020-08-11 05:44:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏабигӏиял бечелъабазда сверухъ гара-чӏвари\n4 августалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏана пайда бугел тӏабигӏиял магӏданазул, гьел рахъулел ракьазда хурхун загьирлъулел гӏунгутӏабазул бицараб пресс—конференция.\nГьелда гӏахьаллъана ракьулгун мал—мулкалъул министр Агъарахӏим Къагьирхӏажиев, росдал магӏишаталъул министр Абзагьир Хӏусенов, тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министрасул заместитель Заур Римиханов, гьединго архитектураялъулгун ралел бакӏазул комитеталъул нухмалъулев Незир Хӏусенов.\nА. Къагьирхӏажиевасул рагӏабазда рекъон, пресс-конференция тӏобитӏиялъе аслияб гӏилла ккун буго ракьазулгун мал-мулкалъул суал, ай, цо категориялдаса цогидалде ракьал руссинарулелъул дандчӏвалел захӏмалъаби.\n«Гьезул хиса-басиял гьарулаго аслияб гӏунгутӏилъун хутӏулеб буго гӏураб къадаралда документал хӏадурунгутӏи.\nКӏиабилеб гӏилла, гьел документал жанире кьеялъул тартиб цӏунунгутӏи. Цо категориялдаса цогидалде ракьал руссинарулелъул, документал, тӏоцебесеб иргаялда, кьезе ккола республикаялъул хӏукуматалде, гьениса рачӏуна гьел нижехъе. Ниж (Мал-мулкалъул министерство — авт.) гьенир ккола операторал гӏадал чагӏи, ай гьел документазул букӏинесеб къисмат тӏубалел чагӏилъун. Амма цониги нижехъе бачӏараб гӏарза, кӏвар кьечӏого нижеца толаро», — ян баян гьабуна министрас.\nСалул гохӏаз хьихьун чанги магӏишат буго\nМал-мулкалъул нухмалъулес кьураб баянги ритӏухъ гьабулаго, росдал магӏишаталъул министр А. Хӏусеновги лъугьана щай гьел документал тасдикъ гьарулаго захӏмалъаби цӏикӏкӏунел ругелали дагьабги лъикӏ бичӏчӏизабизе. Гӏемериселщинал ракьал муниципалитеталъул къайимлъиялда рукӏиналъ лъугӏулел рагӏуларо гӏунгутӏаби.\nРеспубликаялда ругел тӏабигӏиял магӏданазул бицунаго гьез аслияб пикру буссинабулеб бугоан салутӏе. Гьелда бан журналистаз гьикъана къанунги хвезабун, сали бахъулеб чан карьерин республикаялда бугебан.\nОфициалияб куцалда тасдикъ гьарурал гьединал сали бахъулел бакӏал гьечӏин абуна тӏабигӏиял сурсатазул рахъалъ министрасул заместителас, ругила балъго-гӏатӏго, цӏогьохъего сали бикъулел чагӏи.\n«Аслияб къагӏидаялъ, сардилъ рахъун КамАЗалги рачун, сали босун ун батула гьез. Гьединазда тӏад низам цӏунулел идарабаз хӏалтӏиги гьабулеб буго», — ян бицана З. Римихановас.\nХадув гьев лъугьана цересел соназде дандеккун, 2019 соналда гьединал сали бахъулел бакӏаз пачалихъалъе кьураб магъалодул бицине. Миллионал магъалаби рачӏанин пачалихъалъул казнаялдеян веццардизе гьев лъугьиндал, гьел тарихазул цо кӏудияб санго гьабичӏеб гӏадин, «Илчи» газеталъул журналист лъугьана, балъго-гӏатӏго сали бахъулел чагӏи щайин нужеца къватӏир чӏвазаруларел, кколарел абун.\nГьабсагӏат гурищ бицараб къанунги хвезабун хӏалтӏулел гьединал карьерал республикаялда гьечӏилан, тӏабигӏиял сурсатазул нухмалъулесул заместителасул баян ракӏалде щвезабуна мал-мулкалъул министр А. Къагьирхӏажиевас.\nАмма гьес абураб рагӏи гӏадахъ босулеб гьечӏоан «Илчи» газеталъул вакилас: Сулахъалъул рахъалдаса сали бикъулел цӏогьал рукӏунила эркенго КамАЗазда гьеб баччулел, гьезие гӏадлу гьабулел чагӏи гьечӏила.\nАхирги гьев гӏодове вуссунев гьечӏолъи бихьидал, гьединал цӏогьал кквезе тӏадаб хъулухъ тӏубалел чагӏи щалилан, тӏадго вуссун гьикъана сабру лъугӏарав мал- мулкалъул нухмалъулесги. Дуе жал низам цӏунулел чагӏи гурин, цӏогьабазе гӏадлу гьездаса тӏалаб гьабейилан хабар лъугӏизабуна министрасги.\nДокументазул хачӏги магӏданазда хадур лъугьарал бизнесчагӏиги\nАрхитектураялъулгун ралел бакӏазул комитеталъул нухмалъулев Н. Хӏусеновас цӏакъ шавкъалда бицана сали бахъулеб карьералдаса пайда босизе бокьарал бизнесчагӏазда дандчӏвалел квал-квалазул. Мисалалъе, ижараялъе, ялъуни жиндирго къайимлъиялъе гьединаб карьер босизелъун документал хӏадуризе лъугьани, гьес (бизнесчияс) бала лъабго моцӏидаса бахъараб лъагӏалиде щвезегӏан мех.\n«Аниса гъове витӏун, гъоваса дове витӏун, гьобо сверухъе горсверутӏа вукӏуна гьев векерулев. Гӏилла добго доб, гьел ракьал муниципалитеталъул къайимлъиялда рукӏин. Гьеб суал роцӏцӏинабизелъун цадахъ рекъон хӏалтӏизе байбихьун буго жакъа гьанир гӏодор чӏун ругел ункъабго идараялъул вакилзабаз», — ин бицана Н. Хӏусеновас.\nРекьулел ракьазда квер\nхъвазе гьечӏо\nТӏабигӏиял магӏданал жаниса рахъулел ракьазул мухӏканаб къадар жидехъ гьечӏин бицана тӏабигӏиял сурсатазул министрасул заместитель Заур Римихановас.\nАмма республикаялда тӏад бан ралел бакӏазул бизнес цебетӏолеб букӏаниги, сали бахъулел карьеразул мукъсанлъи гьечӏин, жеги квер хъвачӏел салул нахърателалги ругилан тӏадежубана гьес.\nРакьазулгун мал-мулкалъул министр Агъарахӏим Къагьирхӏажиевасул рагӏабазда рекъон, росдал магӏишаталъе пайдаяб бачӏин кьолел ракьазда квер хъвазе гьечӏо гьезул категориялъул хиса-басиял гьарулаго. Мисалалъе, лъикӏал цӏолбол ахал, лъарагӏлъиялда ролъул хурзал ва гьел гурелги нигӏматал рекьизе бегьулел бакӏал, тӏабигӏиял магӏданазе гӏоло хвезаризе бегьуларин абуна гьес.\nКъокъ гьабун бицани, гьединаб букӏана ункъо министерствоялъул вакилзабаз ахӏараб пресс- конференциялъул хӏасил. Нужеца суалал кьейин, гьанир жакъа рорхулел хӏужаби цӏакъ кӏвар бугел жал кколилан бичӏчӏизабулебги бугоан гьез информалатазул вакилзабазда. Амма журналистазул киналго суалазе гуро гьезухъа чӏванкъотӏараб жаваб щвараб."}
{"slug": "9179-bejrutal-ul-kvagiyal-dunyalgo-gargazabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9179-bejrutal-ul-kvagiyal-dunyalgo-gargazabuna", "title": "Бейруталъул кьвагьиялъ дунялго гьаргьазабуна", "date": "2020-08-11 05:49:29", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Ливаналде рещтӏараб балагьалъ\nгӏаламалъего асар гьабуна\n4 августалъул къаси Ливаналъул тахшагьар Бейруталъул порталда ккараб кьвагьиялъ щущазабуна бащдаб шагьар. 135-ялдасаги цӏикӏкӏун чи хвана. Лъукъана 5000-ялдасаги цӏикӏкӏарав чи. Хваразул сияхӏ жеги цӏилъизе бегьулин хъвалеб буго информалатаз. Анцӏ-анцӏ чи жеги минатахъ щущарал къадазда гъоркь ккун вуго.\nЛиваналъул нухмалъиялъ кьураб баяналда рекъон, Бейруталъул порталда кьвагьана аммиачный селитраялъул 2700 тонна. 2014 соналъ Rhosus абураб гамида тӏад батун, нахъе бахъун букӏана гьеб кинабго. Гама унеб букӏана Грузиялдаса Мозамбик абураб хӏукуматалде. Техникиял гӏиллабазда бан лъалхъун букӏун буго гьеб Бейруталъул порталда. Гамида рукӏарал ралъдахъабаз бицухъе, гамил бетӏергьан кколев вуго Хабаровский краялдаса Игорь Гречушкин. Гьанже гьев валагьулев вуго Ливаналъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул хъулухъалъ.\n5 августалда улкаялда чӏегӏербан букӏана. Больницабазул къуват гӏолеб гьечӏо лъукъарал гӏадамал къабул гьаризе. Балагь рещтӏараб хӏукуматалъухъе жидерго кумекалъул квер бегьана Катар, Иран, Турция, ОАЭ, Иордания, Сирия, Кувейт, Франция, США, Россия ва Гӏизраиль пачалихъаз. Нилъер МЧСалъ Бейруталда кьвагьи ккараб бакӏалда рагьун буго аэромобилияб госпиталь. Гьединго Ливаналде ун буго нилъер НИИялъул, лъималазул хирургиялъул ва травмотологиялъул хӏалтӏухъабазул кӏудияб къокъаги.\nЛиваналъул экономикаялъул министр Рауль Немеца лъазабуна 4 августалда ккараб кьвагьиялъул хӏасилал лъугӏизаризе пачалихъалъул гӏураб гӏарац гьечӏилан. Ахираб 30 соналъ улкаялъул экономика кризисалъ квешго нахъе кьабунин, гьелда тӏадеги исана коронавирусалъги гьабунин гьелъие кӏудияб заралин абуна экономикаялъул министрас. Гьесул рагӏабазда рекъон, цого цо хутӏараб нух буго Халкъазда гьоркьосеб валютабазул фондалъулгун бухьен гьаби."}
{"slug": "9180-repressiyazul-k-urbanal-rakialde-shchvezaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9180-repressiyazul-k-urbanal-rakialde-shchvezaruna", "title": "Репрессиязул къурбанал ракӏалде щвезаруна", "date": "2020-08-11 05:54:52", "categories": ["insan"], "text": "Багьа къиматаб хазина ккола инсанасул гӏумру. Гӏадада абун гьечӏо хирияб хӏадисалда цо чи чӏвай инсаният чӏваялда бащалъулин абун. Чи чӏвай тӏаса лъугьун тезе бегьулеб такъсир кколаро, хасго гӏайиб гьечӏев. Амма зулму—хӏалалъул къурбаназул (репрессированные), ай, гӏайибго гьечӏел гӏадамал чӏваялъул такъсириял хӏужаби, кигӏанго бокьичӏониги, нилъер тарихалда гӏемер ккана. Гьел рикӏкӏуна инкъилаб бергьун хадусел соназ, аслияб куцалда, РСФСРалъул Уголовнияб кодексалъул 58 статьяялда рекъон, революциялде дандечӏейлъун жал рикӏкӏарал «такъсиразухъ» ккарал къурбанал.\nРоссиялъул пачалихъияб архивалъул баяназда рекъон, араб гӏасруялъул къоабилеб-кӏикъоялда анцӏабилел соназ (1921-1953 сонал) Совет Союзалда зулму-хӏалалъул къурбанлъун ккун вуго гьебго 58 статьяялда рекъон 3 777 380 ва цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏарал пачалихъияб кӏваралъул такъсиразухъ 282 926 чи. Гьел ккола туснахъ къотӏарал, Сибиралде ритӏарал, зулму-хӏал гьабун гочинарурал халкъал ва гьезда гьоркьосан чӏваразул къадар бахуна 642 980 чиясде. Кигӏанго бокьичӏониги, гьеб буго нилъер тарих ва тарих лъазеги ккола. Гӏадада абураб гьечӏелъул, нилъеца аралде туманкӏ кьвагьани, букӏинеселъ нилъеда гӏарада балин абун. Улкаялъул тарихалда жаниб бищун захӏматал ва пашманал тӏанчал ккола гьел. Ракъи- къеч, цӏорой-квач, гӏорхъолъан борчӏараб багӏари, гӏакъуба-захӏмат-бихьичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб хутӏун батиларо нилъер умумузда. Репрессиялъ рахӏму-цӏоб лъиего гьабичӏо: я лъималазе, я чӏахӏиязе, я цӏали- лъай бугел хӏакимазе, я диниялгун рухӏаниял церехъабазе, я алиф-ба лъаларел рекьарухъабазе.\nТӏолго улкаялдаго гӏадин, репрессия хъинтӏана нижер районалдаги: лъида кӏочарал рагъул кор боркьараб 1943-абилеб соналъул хасало зулму-хӏал гьабун гочинарурал росаби, хӏама бугелаца-хӏамида баччун, хӏама гьечӏелаца-мугъзада баччун кини-къайигун къватӏире рахъарал росуцоял, гьодал къуларал хараби лъималазул мугъзабаздаго къадаралде щвей, нухда бихьараб гӏакъуба- захӏматалъ Чачаналъе щвезегӏан сухъмахънухлул рагӏалда рижарал хобал?! Зулму-хӏалалъул къурбаназул чӏварал рикӏкӏинчӏогоги, гӏемерисел хвана лагераздагун туснахъазда, нухазда (лъелго унаго ва поездазгун гумуз раччунаго). Чӏаго хутӏаразул гӏумруялде бугеб гъираялъул кутакалъул хӏаракаталдалъун керчал рохьалгун ризал хӏорал гурони гьечӏел бакӏазда гӏуна цӏи-цӏиял росаби, цӏикӏкӏарасезул бухьен-хурхен тӏагӏана рижараб ракьалъулгун ва гӏагарлъиялъулгун. Гьеб кинабго жакъа нилъеда лъалеб буго тарихалдасанги, тарихалъул чӏагоял нугӏзал-репрессиялде ккаразул лъималазул ва гьезулги лъималазул биценаздасан. Гьеб нилъеда киданиги кӏочене бегьуларо. Гьелде нилъ ахӏараб букӏана араб гьатӏан къоялъ иргадулаб нухалъги тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировас тӏолалго районцоялги, республикаялъул ва улкаялъул батӏи-батӏиял бокӏназдасан хӏурматиял гьалбалги ахӏун тӏобитӏараб «Кӏочон тезе гьечӏо» абураб, репрессиязул гьобоялъ ххенарал гьакварисел къурбанал ракӏалде щвезариялъе бараб мемориал рагьиялъул пашманлъи жубараб байрамалъул тадбир. Абизе ккола гьеб бугин гӏагараб росулъ ахираб лъабго соналъ Мухӏамадил бетӏерлъиялда гъоркь гьакварисезе рагьарал батӏи-батӏиял гӏарсазул (памятниказул) цояб. Щибаб соналъ хӏаракат бахъулеб буго гьес росдал тарих лъазабиялде гӏун бачӏунеб гӏел куцаялда патриотикияб цӏайи цӏикӏкӏарал тадбирал тӏоритӏизе.\n40 градусалъулаб багӏариялъухъ балагьичӏого, берцинго ретӏа- къан ракӏарана росдал администрациялъул азбаралде гьаквариселги гьалбалги. Сверухълъиялдаго рагӏулеб букӏана гӏисинккун бачунеб пашманаб макъан, гьелъ рачунел рукӏана хараби жидерго ракӏалдещвеязулъе рикӏкӏадал 30-50-абилел соназде ва чангиязул бадиб хулулеб букӏана магӏу.\nБадиса магӏу хулана, жиндир гӏумрудул ичӏго сон бугеб мехалъ эменги репрессировать гьавун, гъоб заманалъул кьогӏлъаби хӏехьезе ккарай, жакъа гӏумрудул нусго сониде яхарай Майсурат Гъазимухӏамадовалъ рекӏелъ кӏудияб пашманлъигун гьабураб кӏалъаялъ, мемориалалъе проект бахъарав Москваялда гӏумру гьабун чӏарав Игьалиса художник Мухӏамадов Гӏумарил.\nЖакъаги тӏагӏун гьечӏин рекӏелъ бухӏийилан йиго Майсурат гӏиллаго гьечӏого эменги тӏагӏизавун ниж лъабго лъимералъул тӏалаб гьабулаго эбелалда бихьараб къварилъиялъул ва хӏакъирлъиялъул. Майсуратил ва гьей гӏадал цогидазулги ракӏазулъ щиб букӏарабали цебечӏезабизе захӏмат букӏинаро: гӏолохъанго къурбанлъарал, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарал умумул, гьезда бихьараб гӏакъуба-захӏмат. Цо-цояз дол соназул политиказдегун Сталиниде гӏайиб гьабуниги, «лъикӏлъи бокьарал» цо- цоял нилъеда гьоркьор мацӏихъаби рукӏиналъ ва гьезул «квербакъиялдалъун» хенана гӏемерисел репрессиялъул гьабихъ.\nБайрам рагьана Гъоркьгьаквари росдал администрациялъул бетӏер Рашид Ахӏмадовас.\nПолитикияб репрессиязул къурбанал ракӏалде щвеялъе бараб мемориал рагьи баркун кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас кӏудияб баркала загьир гьабуна гьеб иш кодобе босарав М. Гӏабдулхабировасе ва гьесие кумек гьабуразе.\nТӏадгьаквариса Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Мухӏамадзакир Абулмуслимовас бицана репрессиязул къурбанлъун ккарав жиндирго кӏудияв инсул ва цогидалги гьакварисезул къисматалъул: лагъзадерил захӏматалъ бахъараб сахлъиялъул, лъай тӏалаб гьабизе щвечӏеб ресалъул, аскӏор рукӏаразда букӏинчӏеб божилъиялъул, щивасул беразулъ бихьулеб букӏараб щакдариялъул. Кӏалъазе рахъарал республикаялъул Жамгӏияб палатаялъул член Гӏимран Гӏалипулатовас, Дагъистаналъул журналистазул Союзалъул председатель Гӏали Камаловас, лъай цебетӏезабиялъул Дагъистаналъул институталъул проректор Миясат Муслимовалъ бицана араб гӏасруялъул 20-30 соназ репрессиялъул хӏасилалда къурбанлъараб Дагъистаналъул халкъалъул, гьезда бихьараб къварилъиялъул ва гьез хӏехьезе ккараб хӏакъирлъиялъул.\nГъоркьгьаквари росдал школалъул завуч Ахӏмад Мухӏамадовас, Гумбет районалъул Игьали росулъа художник Гӏумар Мухӏамадовас, Гъуниб районалъул Салтӏаса жамгӏияв хӏаракатчи Гӏумар Жамалудиновас, районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас бицана репрессиялъул къурбаназулъе ккарал жидерго умумузул ва росуцоязул къисматалъул.\nГУЛАГалъул тарихалъул музеялъул директор Роман Романовас бачӏараб баркиялъулаб кагътида гьакварисездас хитӏаб гьабулеб буго умумузул тарих цӏунеян.\n— Музеялъул коллективалъул рахъалдасан баркула гьакварисезда зулму-хӏалалъулаб памятник рагьиялъул байрам. Тарихалда хасаб лъалкӏ тараб кӏикъоялда анцӏила кӏиго гьакварисесе бараб гӏарас ккола гьеб.\nГУЛАГалъ бараб къоло анкьго соналда жаниб гьелъул квачӏикье ккана къогоялде гӏагарун миллион чи, гьезул щибав анцӏабилев абадиялъего хутӏана гьенив. Тӏуна хъизан-лъималазулгун ва вижараб ракьалъулгун бухьен, миллионал лъимал махӏрумлъана эбел-инсудаса. Улкаялъул рахъ-рахъазде рикьун руго нус-нус туснахъалгун лагерал рукӏарал, гӏадамал чӏварал ва гьел рукъарал бакӏал.\nКигӏанго бокьичӏониги, заманаялъ жиндирабго гьабула: цоял херлъула, цогидал хола — гьеб буго гӏумру. Гьединлъидал жеги цӏикӏкӏараблъун ккола гьединал памятникал рагьиялъул кӏвар: ирсилазе нахъе толеб буго бахӏарчиял умумузул тарихалъул гьитӏинабго бутӏа, — ян хъвалеб буго кагътида.\nГьединабго магӏнаялъул рукӏана Москва шагьаралъул поликлиникаялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв Гӏабдурашид Саидовас, РФялъул президентасда цеве вугев Дагъистаналъул вакил, экономикиял гӏелмабазул доктор Рамазан Мамедовас, Россиялъул Конституциялъулаб Судалъул судья Хӏадис Хӏажиевас, Россиялъул гӏелмабазул академиялъул член-корреспондент, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Виктор Радзинскияс ритӏун рачӏарал баркиялъулал кагътал.\nТадбиралъул ахиралда М. Гӏабдулхабировас баркала кьуна, санайил жиндир пикрабазул рахъги ккун, тадбиралде рачӏунел росуцоязе ва гьалбадерие, ахӏана гьел росу- ракь, умумузул тарих, рахьдал мацӏ, маданиятгун адабият цӏунизе."}
{"slug": "9181-khinub-rosdal-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9181-khinub-rosdal-bajram", "title": "Хьинуб росдал байрам", "date": "2020-08-11 06:14:51", "categories": ["obshestvo"], "text": "1 августалда Чӏарада районалъул Хьинуб росулъ тӏобитӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялда хурхараб тадбир.\nГьеб росулъ рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъде арал росуцоязул хӏурматалда обелиск.\nКутакалда берцинго, киналго разияб хӏалалда, ана гьеб тадбир.\nГьелъие квербакъана мажлис тӏадегӏанаб даражаялда бачарав, гӏемерал соназ нилъер районалъул жавабиял хъулухъазда хӏалтӏарав, гьанже Гъизилюрт шагьаралъул бетӏерасул заместительлъун хӏалтӏулев вугев Султӏанахӏмад Мухӏамадовас.\nСултӏанахӏмадица бицаралда рекъон, гьеб тадбиралъе байбихьи лъурав чи вуго тӏолабго республикаялдаго жив лъикӏ лъалев, гӏемерал соназ Дагъистаналъул культураялъул министрлъун хӏалтӏарав Гӏабдулатӏип Хӏажиев. Гьесул жигаралдалъун эхетана гьаб обелиск, — ан бицана Султӏанахӏмадица.\n— Сахлъиялда бан, мажлисалде вачӏине рес ккечӏо Гӏабдулатӏипие, амма жамагӏаталъе гьес урхъараб саламги баркиялъул хинаб каламги битӏана.\nТадбир нухда бачунес ракӏалде щвезабуна росдал тарихги тарихалда лъалкӏ тарал росуцоязул цӏаралги.\nКинавниги доб вахӏщияб рагъда гӏахьаллъана Хьинуб росулъа 40 гӏолохъанчи, гьезул 20-яв нахъ вуссинчӏо. Гьез жидерго гӏумру кьуна жакъасеб нилъер эркенаб гӏумруялъе гӏоло. Киналгоязе щун руго рагъул шапакъаталги. 2 «Багӏараб цӏва» орден щвана Юсуп Хӏажиевасе. Гьесулго вацгӏал Ахӏмад Гӏумаров мустахӏикълъана «За боевые заслуги» медалалъе ва моцӏ иналдего 3 даражаялъул «Слава» орденалъеги. Ахӏмадида цадахъ рагъда вукӏарав росуцояв Мухӏамад Муртазагӏалиевас бицунеб букӏун буго Ахӏмад вихьизавун вукӏанин Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе, амма кьечӏого хутӏанин.\nБицен буго, жиндир баракат нилъее щваяв, Хьинуса Гӏалиасхӏаб Ибрагьимов рагъда вугеб бакӏалде тушманасул гулла щолеб букӏинчӏила, ва рагъухъаби гьесда аскӏор чӏолаанила.\nКӏоченчӏо тадбир нухда бачунесда росдал руччабазда доб захӏматаб заманалда бихьараб гӏакъубаялъулги къохӏехьеялъулги бицинеги.\n«Захӏмалъиги къварилъиги бихьун щвараб буго нилъее гьаб бергьенлъи. Жакъа нилъеца рагьулеб гьаб обелискалъул цӏакъ кӏудияб кӏвар буго тарих лъаялъулъги, гьеб цӏуниялъулъги, гӏун бачӏунеб гӏел битӏараб мисалалда куцаялъулъги.\nБаркала буго гьаб тадбир иналъе квербакъаралщиназе. Мисал чӏахӏияз бихьизабуниги, гӏолохъабаз кутакалда жигар бахъана гьабулеб хӏалтӏулъ», — ан абуна Султӏанахӏмадица.\nХьинуб росдал жамагӏаталда тадбир баркун кӏалъай гьабуна районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Гӏумаровас. Гьес гьединго республикаялъул рохьил магӏишаталъул рахъалдаса Баркалаялъул кагъат цӏалана росдал гӏолохъабазде бачӏараб.\nКӏалъазе рахъана росулъго бищунго хӏурматияб ригьалъул Шихахӏматӏ Мухӏамадов, Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Ризван Хӏажиев, живго гӏумру гьабун Гъизилюрталда вугониги ракӏ мугӏрузда бугев Гӏумар Гӏабдулаев, советалъул нухмалъулев Рамазан Рамазанов, Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Гирай Зиявудинов, РГВКялдаса Хатимат Мухӏамадова ва гь.ц..\nРосулъ къадру бугев Шихахӏматӏица гьабуна дугӏаги рагъда хваразеги, росдал жамагӏаталъеги, тӏолабго Дагъистаналъеги.\nХӏалтӏулъ жигараб гӏахьаллъи бихьизабуразе кьуна грамотабиги ва сайигъаталги.\nХадур рукӏана спортивиял хӏаял.\nГьеб тадбир гӏуцӏулаго росдал жамагӏаталъ бихьизабуна жидерго цолъиги, гъункиги.\nСахлъи кьеги нужее, Хьинуб росдал жамагӏат. Батаги нужер тадбир районалъул цогидал росабазе мисаллъун.\nГьебго къоялъ Хьинуб росулъ рагьана росдал гӏолохъабаз кьучӏдасанго цӏи гьабун къачӏараб некӏсияб мажгитги, квешалъе-лъикӏалъе жамагӏаталъе пайдаяб, киналго квегӏенлъаби жанир ругеб, санагӏалъи бугеб рукъги.\nТӏадегӏанав Аллагьас азардаражаялде бахинабеги гьеб жамагӏаталъе пайдаяб, кири цӏикӏкӏараб хӏалтӏулъ бутӏа лъуравщинасул гьабураб гӏибадат."}
{"slug": "9182-kinazdago-rekieda-kiutiun-bugo-mukhiamadil-khvel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9182-kinazdago-rekieda-kiutiun-bugo-mukhiamadil-khvel", "title": "«Киназдаго рекӏеда кӏутӏун буго Мухӏамадил хвел»", "date": "2020-08-11 06:20:58", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "4 августалда лъабго моцӏ тӏубана Бежтӏаса Мухӏамад Гӏабдулхӏамидов гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса. «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» машинаялъул шоферлъун 20 соналъ хӏалтӏарав гьесул 62 сон букӏана.\n«Гӏиси—бикъинаб жойилан тун\nбатила инсуцаги гьеб унти»\nМухӏамадил яс Эмилияца гьадин ракӏалде щвезабулеб буго эмен ками:\n— Эмен Бежтӏаса эхеве Махӏачхъалаялде вачӏана унтаравги вачун. Амма живгоги цӏа-кан бахун вукӏана гьев. Гьединлъидал хал-шал гьабизе вачиндал, гьуърузда кӏиябго рахъалдаса пневмония батана. Амма больницаялде вачине ккараб жо гьечӏин, рокъовго сах гьавуниги бегьулин абуна тохтурзабаз. Кигӏан «Медицинаялъул хехаб кумек» ахӏаниги, жал цӏакъго захӏматго унтаразухъе гурони унарилан, гьелги рачӏинчӏо. Гьединлъидал кӏвараб- лъараб гьабун, дицаго сах гьавизе байбихьана гьев. Медсестра ккола дунгоги. Тохтуралъ хъвараб рецептги букӏана.\nИчӏабилеб къоялъ инсуе квеш лъугьана — хӏухьел дагьлъун, гъанкъулев вукӏана гьев. Гьеб мехалда киса-кибего ахӏи базе лъугьана дун. Хӏалица «Горячая линиялде» ахӏун, бачӏинабуна «Медицинаялъул хехаб кумекги». Радал ичӏго тӏубайдал ахӏараб гьеб, къаси сордо бащалъулелъул гурони тӏаде щвечӏо.\nГьедин больницаялде хъамун ана гьев. Амма чанго сагӏаталдасан ахӏун бачӏана эмен къадаралде щванилан.\n—Гьедин цӏа—канги бахун, щайдай гьев хӏалтӏулевгӏаги вукӏарав? Хасго Махӏачхъалаялде щвезегӏанги вачӏун…\n— Эбги цо нухалъищ вачӏарав? Лъабго-ункъониги рейс гьабуна инсуца гьедин унтун вукӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ эбелалдецин кӏалъан йикӏана дун. Жинца чанцӏулин гьесда гьарараб рокъов чӏайилан гьелъги абуна. Гӏиси-бикъинаб жойилан тун батила инсуцаги гьеб унти. Доб мехалда кутакалда гӏемер чи унтана нижер росулъ. Битӏун эмен хвараб къоялъ дир росги вукӏана гьеб унтуца унтун захӏматаб хӏалалда. Хӏалица витӏана больницаялда вегизе.\nБежтӏа нижер эбел-инсул мина больницаялда аскӏоб буго. Гьединлъидал бокьараб мехалда кодове щолев чи вукӏиналъ, гӏемер витӏулев вукӏун ватила гьев шагьаралде-нахъеги.\n-Гьединал захӏматал унтаралгун чанго сагӏаталъ рекӏун унеб бакӏалде витӏулеб мехалда жиндеги бахинин гьеб вирусилан кколароандай инсуда?\n— Тӏоцебесеб нухалда гьедин унтаравги вачун эхеве щведал, дир яцалъул азабаралъув машинаялъувго кьижун вуго гьев, нужеде унти бахинилан хӏинкъун вугин живилан. Жалго бетӏергьанаб мина буго яцалъул. Гьединлъидал эмен гьенив чӏолаан, машина лъезе санагӏалъи букӏунилан.\nНижер хъизаналъе гуребги, цогидал чагӏазегицин захӏмалъун буго гьев хвей. Лъиениги зарал букӏинчӏо гьесул. Зигара бан инстаграмалда лъураб гьесул сураталъухъ балагьун, кутакалда ракӏ лъикӏав, разияв чиясул гӏадаб гьумер бугин нужер инсулин рукӏана нижеда киналго.\nКарантин лъун букӏиналъ, росулъе вачине ресги ккечӏого, Гъизилюрталда вукъана гьев, дирго ясалда аскӏов. Кӏиго соналъ цее онкологиялъ унтун хвана гьейги.\n-Гъоркь цогидал унтаби ругони, вирусалдаса рорчӏизе захӏмалъулин абулаха. Букӏанищ инсул гьединаб гӏузру?\n— Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏараб букӏунаан гьесул. Амма унтидал, гьеб гӏодобе ккана. Тохтурзабаз абуна гьедин букӏунин гьебилан.\n«Гьанже гьеб кинабго\nбагъулеб буго дилъ»\nМухӏамад ккола ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Халисат Хӏамидовалъул вацги. Гьев гьелдаса анлъго соналъ гьитӏинав вукӏана. Жеги лъагӏел сверун букӏун гьечӏо гьезул кӏудияй яц хӏежалда хваралдасаги.\nГьадин байбихьана Халисатица нижергун гара—чӏвари:\n— Дир рекӏел тӏегьлъун вукӏарав вац Мухӏамадги камун, кутакалда жанисан чӏунтун йиго дун. Росдал гӏадамалги гьединго ругин абизе бегьула. Цӏакъ хирияв вукӏана гьев гӏадамазе. «Гамидов, ис» абун рукӏунаан гьесда. Бежтӏадерил мацӏалда вац абулеб магӏна буго гьеб рагӏул (ис).\nГьев хвараб мехалда Махӏачхъалаялда йикӏана дун. Тӏоцебесеб больницаялда хвана гьев. Гьенибе дихъе ахӏичӏев чи хутӏун ватиларо, зигара бан. Ахиралда трубка чӏегӏерлъун бихьулеб букӏана дида гьеб къоялъ.\nМухӏамад унтараб мехалда гьесухъе тӏаде-гъоркье инеги бегьуларого, цӏакъ захӏмалъун букӏана. Гьесул ясазги абуна, дадал яц, мун ракӏги унтарай, лъабкъойилъа соналги арай гӏадан йигила, гьединлъидал цӏуна- къай гьабейилан.\nАмма гьесул ясаз инсуе кумек гьаричӏеб бакӏ хутӏун гьечӏоан. Гьараниги щибха, 20 соналъ живго хӏалтӏараб хъулухъалдаса кумек щвечӏеб мехалда… Ахирги «Горячая линиялдеги» ахӏун гурони бачӏинчӏо гьезул машина. Амма кватӏун бугин гьесие кумек гьабизеян абун буго тохтурас.\nГьаб Бежтӏа больницаялъул коллективалда гьоркьоса камурав чи цохӏо дир вац вуго. Амма гьав чиги гьадин хванилан абун цохӏо цӏарниги бахъун гьечӏоан гьеб больницаялъе баркала кьун республикаялъул нухмалъиялдаса рачӏарал кагътазда.\n-Халисат, ахирисеб нухалда кида дуда Мухӏамад вихьарав?\n— Дун Махӏачхъалаялде ахӏун йикӏана Хатимат Мухӏамадовалъ РГВКялдасан бихьизабулеб передачаялда гӏахьаллъизе. Рагъул гӏахьалчагӏазул хӏакъалъулъ 9 маялдехун хӏадурулеб букӏана гьеб. Нижер эменги Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран ккола. Гьесул бицине ахӏун йикӏана. Гьединлъидал сапаралъ яхъиналде цее дун вацасухъе ана рамкаялда жаниб лъураб инсул сураталда хадуй. Бицана дие гьеб передачаялда бихьизабизе цадахъ босизе къваригӏун бугилан. Гьеб мехалда инсул суратги дихъе кьун, Мухӏамадица дун тӏойитӏана жив кутакалда халккун чӏун вукӏине вугин гьеб передача къватӏибе бачӏиналъухъиланги абун. Гьесие цӏакъ бокьулаан Хатиматил передача. Нагагь дежурствоялда вугонигицин, рокъове векерун вачӏунаан гьелъухъ балагьизе.\nГьеле ахирисеб нухалда Мухӏамад вихьараб лахӏзат. Амма передача бихьизе къотӏи букӏун гьечӏо гьев мунагьал чурадида.\nГьеб къватӏибе кьун рагӏула 7 маялда, Мухӏамад абуни, 4 маялда хвана.\nДунни телевизоралъухъ балагьичӏо, гьелде регӏараб хӏал букӏинчӏелъулха.\nГьанже гьеб кинабго багъулеб буго дилъ, кутакалда ракӏхун буго гьесда хадуб. Гӏамал берцинав чи вукӏана гьев.\nНижер больницаялъул цеве вукӏарав бетӏерав тохтурас Мухӏамадие хъвараб характеристика цӏалидал, гӏодойги чӏун, гӏодана дунни. Анцӏго соналъ цадахъ хӏалтӏарав чи лъикӏ лъаларищха гьесда.\nЗигараялъ рачӏанщиназ бицуна «Скорыялда» унев чияс росулъ данде кканщинасе гьимулаго чӏезабулаанила машина, рахайин тӏаде, щвезарилин абун. Жиде-жидер хвелал ккарал чагӏаздагицин кутакалда рекӏеда кӏутӏун буго Мухӏамадил хвел.\nГьанже Аллагьасул къадаралда гьабизе жо гьечӏо…"}
{"slug": "9187-klassalishch-dagl-izarilel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9187-klassalishch-dagl-izarilel", "title": "Классалищ дагьлъизарилел?", "date": "2020-08-11 06:52:33", "categories": ["obrazovanie"], "text": "2019 соналъул хасалихъе хӏукму гьабуна лъай кьеялъул идарабазул хал гьабиялъулъ хиса—басиял гьаризе. Гьелда бан хӏадурун буго цо чанго нормативияб документ. Гьезул цоялъул проект лъун буго нормативияб правоялъул актазул порталалда. Кинал хиса—басиялха гьаризехъин ругел гьеб документалда рекъон?\nБицен гьабулеб документ ккола «Байбихьул гӏаммабги, аслияб гӏаммабги ва гьоркьохъеб гӏаммабги лъай кьеялъул аслиял программабазда рекъон лъай кьеялъулаб хӏаракат гӏуцӏиялъулгун гьеб гӏумруялде бахъинабиялъул низам тасдикъ гьабиялъул хӏакъалъулъ» абураб РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул приказ. Рехсараб приказалдалъун хӏакъикъияб гуреблъун рикӏкӏуна 2013 соналъул 30 августалда къуватаблъун лъугьараб приказги хадубккун гьелда гьарун рукӏарал хиса-басиялги.\nРФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ тӏибитӏизабулеб бугеб цӏияб приказалда бицунеб буго цӏали гӏуцӏулел къагӏидабазулги, дарсазда кьезе кколеб материалалъулги, лъай кьеялъул программабазулгун хӏалтӏизаризе бегьулел технологиязулги хӏакъалъулъ. Рехсон буго гьелда классалда гӏодор чӏезе ругел лъималазул къадарги, рокъобе кьезе кколеб тӏадкъаялъул нормативги ва цогидабги.\nЦебеккунисеб приказалдаса абизегӏанасеб батӏалъиго гьечӏо цӏиялъул. Хиса-баси гьабун буго гӏицӏго 18-абилеб пункталда — гьелда бицунеб буго классалда чан чи гӏодов чӏезе бегьулебали. 2013 соналъул приказалда хъван букӏана гьадин: «Унтарал яги цӏалуда хадур гъоларел лъимал цӏалулеб класс батичӏони, дарсида гӏодов чӏезе бегьуларо 25-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан», — абун. Цӏияб приказалда хъван буго: «Классалда (группаялда) гӏодор чӏолел цӏалдохъабазул къадар чӏезабула санитариялгун эпидемиялъулал къануназдаги СанПиналъул нормативаздаги рекъон», — абун. Гьелде тӏадеги, цебеккунисеб документалда букӏана пункт 18.1. Гьелда рекъон, «санагӏатал шартӏал ругони, цо-цо дарсазда, курсазда, модулазда класс бикьизе бегьулаан группабазде». Цӏияб документалдаса гьединаб пункт тӏубанго нахъе бахъун буго.\nЩиб гьелъие гӏилла? Хал гьабилин СанПиналъул. Приказалда абулеб буго, классалда 25-ялдаса гӏемер цӏалдохъан вукӏине бегьуларин абун. Гьелдаго цадахъ рехсон руго нормативалда рекъон кабинеталъул рукӏине кколел квадратиял метрабиги: тӏолабго классалъе цадахъго дарс кьолеб бугони, цо цӏалдохъанасе букӏине ккола кӏигогун бащдаб квадратияб метра ва группаялъе дарс кьолеб бугони — лъабгогун бащдаб квадратияб метра. Гьелде тӏадеги, нормативазда хӏисабалде босун гьечӏо кабинеталда жанир рукӏунел шкафаз ва цогидаб къайиялъ кколеб бакӏ. Тӏоцебесеб партаялдаги классалъул хъорщодаги гьоркьоб тезе ккола кӏиго метрагун кӏикъого сантиметралъул манзил.\nЦӏияб приказалда рекъон классалда вукӏине бегьула 25 цӏалдохъан, амма кабинеталъул гӏатӏилъи букӏине ккола лъабкъоялда кӏигогун бащдаб квадратияб метраялдаса дагь гуреб. Кабинеталда лъолеб къайи хӏисабалде босани — гьелдасаги гӏатӏидаб.\nГьанже ургъеха, Дагъистаналъул чан школалда ругел цӏияб приказалда рекъон цӏали гӏуцӏизе санагӏатал шартӏал? Кин цӏунилел СанПиналъул тӏалабал гӏемер цӏалдохъаби ругеб школалда? Махӏачхъалаялда гӏезегӏан руго 35-40 цӏалдохъан вугел классал. Кин рекъезабилеб гьезул цӏали цӏиял тӏалабазде? Рекъезабичӏони, школалъул администрациялъухъа гӏакӏа бахъила. Шартӏал гьечӏони, цӏалдохъаби рокъорейищха ритӏилел, кабинетал гӏоларинги абун? 2013 соналъул приказалъ школалъул директорал дагьалниги цӏунулел рукӏана Роспотребнадзоралъ гӏакӏа бахъиялдаса. Гьанже, ай цӏияб проект къабул гьабун хадуб, гьелъие рес хутӏулебго гьечӏо.\nЦӏияб приказалда гьечӏо пункт 18.1 — гьелъ ихтияр кьолаан класс группабазде бикьизе. Щибаб классалда 25 цӏалдохъан таниги, гӏеладай кабинетал школалда? Пандемиялда бан Роспотребнадзоралъ тасдикъ гьарурал нормативаздаги абулеб буго цо классалда 15-ялдаса гӏемер цӏалдохъан вукӏине бегьуларин абун. Гьедин гьабуни, кабинеталги гӏоларо, ралагьизе ккола учительзабиги. Класс-комплектазул къадар гӏемерлъараб мехалда цадахъго гӏемерлъула дарсал- сагӏтазул къадарги. Гьел дарсал кьезе тӏадеги учительзаби ралагьани, школалъул моцӏрол харжазул фондалде кисан бачӏине бугеб тӏадеги гӏарац?\nГьединал захӏматал суалалгун хӏадурлъулел руго республикаялъул школал цӏияб цӏалул соналде."}
{"slug": "9189-vdvyal-ul-90-sonilab-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9189-vdvyal-ul-90-sonilab-bajram", "title": "ВДВялъул 90-сонилаб байрам", "date": "2020-08-11 06:58:58", "categories": ["obshestvo"], "text": "Десантниказул аскар бижараб къолъун рикӏкӏуна 1930 соналъул кӏиабилеб август. Гьеб къоялда Москваялъул рагъулаб округалъул Гьаваялдаса роржунел къуватазул букӏана парашютгун самолеталдаса кӏанцӏулев 12 чи. Гьезул хӏалбихьи пайдаяблъунги рикӏкӏун, пикру ккана ВДВ гӏуцӏизе. Гьезда абулаан «Вася—дацил аскариланги» —гӏемерал соназ ВДВялъул нухмалъулевлъун вукӏана Василий Маргелов.\nГъизилюрталда кӏодо гьабуна ВДВялъул 90-сонилаб байрам. Гьелда гӏахьаллъана Афгъанистаналда рагъулаб борч тӏубазабурал десантникал-ветераналги, шагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, гьалбалги. Гьез тӏугьдул лъуна рагъул ветераназул хӏурматалда бараб памятникалда цере.\nАфгъанистаналда хъулухъ тӏубалаго хварав Муса Мусаевасул васасе «ВДВялъул 90 сон» абураб медаль кьуна «Афгъанистаналъул ветераназул ва локалиял рагъул гӏахьалчагӏазул Гъизилюрталъул совет» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Александр Лежненкоца.\nГьенисан автоколонна къокъана «Парнасалдехун». Гьенирги тӏоритӏана байрамалъул тадбирал. Афгъаналъул рагъул гӏахьалчи Хӏасан Ибрагьимовас бицана ВДВялъул тарихалъул хӏакъалъулъ. Насрудин Ибрагьимовас ахӏана «Офицеры» абураб машгьураб кечӏ. ВДВялъул ветераназе кьуна юбилеялъулал медалал."}
{"slug": "9193-talikhial-ul-kiul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9193-talikhial-ul-kiul", "title": "Талихӏалъул кӏул", "date": "2020-08-11 11:58:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏалуда, хӏалтӏуда, рокъоб, къватӏиб ва цогидалги бакӏазда бокьарав чияс, гӏилла букӏа—букӏунге, рекӏелъ рекъолареб рагӏиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тӏехьалъул автор ал—Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракӏ бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагӏиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи.\nЩиб жоха кколеб талихӏ? Гьеб суалалъе щивав чияс кьела жиндирго гӏакълу—лъаялда борцун, пикруялда рекъезабун жаваб. Амма хӏакъаб жо буго Аллагьасде бугеб божиялда ва ракьалда бекьараб лъикӏлъиялда жаниб букӏин талихӏалъул кӏул. Гьеб кӏуладаса битӏун пайда босарасда жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги хвасарлъиги батила. Бетӏергьанасукьа хӏинкъиялъулъ жидеда талихӏ бихьулелги руго, хӏакъикъаталдаги жидер ракӏазда нур барал, абадияб рукъалъе гӏоло дунялалъул чӏаголъиялдаса пайда босизе лъарал гӏадамал.\nАллагьасукьа кин хӏинкъилел абун ибну Масгӏудида цӏехедал, гьес абун буго: «Аллагьасе мутӏигӏлъун, ай Гьесие хилиплъичӏого. Нигӏматазе шукру гьабун, ай гьезде капурлъичӏого. Аллагь рехсон, ай Гьев кӏоченчӏого», —ян. Гьединго гьес абулеб букӏун буго: «Аллагьасукьа хӏинкъиялъ инсан хвасар гьавула захӏмалъи—къварилъабаздаса, ризкъиялъул рагьабиги гьесие рагьула ракӏалдаго гьечӏеб рахъалдасан», —абун.\nАллагьасукьа хӏинкъи ккола жинда хадуб гӏодобегӏанлъи гьечӏеб тӏадегӏанлъи. Муъминчиясда тӏадаб буго жив вижарав Халикъасукьа нечезеги, хӏинкъизеги, хӏарамалдаса рикӏкӏалъизеги. Хӏарамалдаса рикӏкӏалъарав Аллагьас хӏалалаб кьун бечедги талихӏги гьавула. Дагьаб хӏалалаб лъикӏабги бугелъулха, Бетӏергьанасдаса машгъул гьабулеб, гӏемералдаса.\nТалихӏалъул дарманал\nТалихӏалъул кӏул дурго кверщаликье ккезе бокьун батани, тӏалаб гьабе пайдаяб гӏелму, гӏемер цӏалдей ва дур рекӏелъ рукӏун ккун букӏараб пашманлъиялъ мун рехун тела. Гӏелмуги лъайги буго къимат гьабун бажарулареб бечелъи. Жагьиллъиялдаса кӏудияб язихълъиги, хъаркӏаслъиги, бецӏлъиги гьечӏо. Гӏелму ккола канлъи, лъавукълъи — бецӏлъи. Лъайги тӏалаб гьабизе ккола кӏиябго рукъалъе хӏажатаб. Цохӏого-цо динияб гӏелмуги лъазабун чӏани, дунявияб магӏишат нахъе ккелин абулелги камуларо. Гьединазда бичӏчӏизелъунги батила, Хӏасанул Басрияс абун буго: «Дица Къуръаналда, 90 бакӏалда, цӏалана Аллагь жиндир махлукъаталъе ризкъи кьезе гъоркье чӏарав вугин абун. Цо бакӏалда батана шайтӏаналъ хӏинкъи кьолеб бугин нужее нуж мискинлъулин абунги. Нилъ щаклъулел руго Садикъасул, ай битӏараб бицунев Аллагьасул 90 нухалъ абураб рагӏиялда, цо нухалъ нилъер тушманалъ абуралдаги божун», — ян.\nГӏелму лъазабиги лъай тӏалаб гьабиги буго щивав бусурбанчиясда тӏадаб борч. Гӏелму бугелъулха нилъ канлъуде рачунеб нух, жагьиллъиялъин абуни, рачуна бецӏлъуде. Бусурбаби кидаго рукӏана церетӏурал, лъай бугел, гӏелмуялда тӏадчӏараллъун. Амма гьаб заманалдайин абуни, ай бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо- цо «гӏалимзабаз» хӏаракат бахъула исламалъул нух ккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагӏи рукӏараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. Хӏакъикъатин абуни тӏубанго гӏаксияб букӏин, гьайгьай, хӏакъаб буго ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батӏияб бугелъул, гьединаз хӏаракат бахъула хъахӏаб чӏегӏераблъун бихьизабизе.\nТавбуялъулъ – талихӏ\nТалихӏавлъун вукӏине бокьани, тӏадчӏей гьабе тавбуялда, гӏасилъуге Аллагьасде. Аллагь лъаларезул гӏумру-яшав букӏуна, тӏад берцинаб хъал бугин кканиги, жаниса турараб ва махӏцараб. Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее рахӏматлъун кьуразул цояб ккола тавбу. Тавбуялде хӏажалъуларев чиги вукӏунаро. Нилъ киналго гьитӏинабниги кӏудиябниги мунагьазукье ккола, аварагзабиги малаикзабиги гурого мунагьаздаса цӏунаралги гьечӏо. Щиб бугониги гьабилалде, тавбу гьабун черх къачӏазе ккола, хӏалтӏи гьабилалде, алат хӏадур гьабулебго гӏадин. Тавбу гьабун черх къачӏачӏони, гьабураб гӏамалалъул пайда кколаро. Тавбуги гьабичӏого, мунагьаз цӏураб хъубаб черх Аллагьасда цебеги чӏун, щиб бугониги жо гьаризеги нечезе ккеларищ? Тавбу къабуллъизе ккани, чара гьечӏого лъабго жоги къваригӏуна: гьарун арал мунагьаздаса пашманлъи, тӏокӏалъ гьел мунагьазде вуссунгутӏи, мунагь гьабичӏого тезеян къасд гьаби. Къуръаналда абулеб буго (магӏна): «Нужеца Аллагьасе тавбу гьабе, нужеего талихӏ щвезе», — абун.\nТалихӏавлъун вукӏине бокьани, гӏемер цӏале Къуръан, пикру гьабе гьениб хъван бугелъул, ракӏги мацӏги машгъул гьабе Аллагь рехсеялда тӏад. Къуръан ккола нилъее битӏараб нух бихьизабулеб нур. Гьелда нахъвилълъарав гӏададаги холаро. Анас асхӏабасдаса бачӏараб хӏадисалда буго: «Хӏакълъунго, жинда жаниб Къуръан цӏалулеб рокъоре малаикзаби рачӏуна, шайтӏаби рикӏкӏалъула, лъикӏлъи гӏемерлъула, квешлъи дагьлъула, агьлу-хъизамалде гӏатӏилъи, бечелъи рещтӏуна», — абун. Дарукъутӏнияс бицараб цогидаб хӏадисалда буго: «Нужеца Къуръан гӏемер цӏале нужерго рокъоб. Къуръан цӏалулареб рокъоб лъикӏлъи дагьлъула, квешлъи гӏемерлъула, мискинлъи тӏаде бачӏуна», — ян.\nСон, жакъа ва метер\nКъасимех щвезегӏан чӏаго хутӏун ватани, ракӏчӏун вукӏунге радаллъагӏанги чӏаго хутӏизе ватиялда. Радалги чӏаго ватани, божуге къасиялдехунги гьебго хӏалалда вукӏине бегьулеблъиялда. Мун гӏумру гьабун вуго жакъа, ай гьабсагӏат. Араб нахъбуссунаро, букӏинесеб кинаб букӏинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. Гӏумру гьабе, жакъа дунялалде виччарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гӏадин. Гьабулебщинабги гьабе, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гӏадин. Как базе лъугьиндал, гьеб ахирисеб букӏин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букӏараб? Гьайгьай, тӏокӏаб гьечӏебгӏан цӏакъ Аллагьасе мутӏигӏлъун, хӏинкъун, чвахулаго магӏугун. Щайха гьедин баларого бугеб щибаб как, хӏакъикъаталдаги гьеб бан лъугӏизегӏанцин, чӏаго хутӏизе ругищали нилъеда лъаларелъул.\nЛъикӏаб хӏалтӏи-иш гьабулелъулги, гьеб гьабизе ккола, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гӏадин. Аралъул пикру гьабун ракӏ къварилъизе биччаге, кигӏан къварилъахъданиги, гьеб буго нахъбуссунареб гӏумру. Хӏинкъунги вукӏунге бачӏине- бачӏинареб лъалареб букӏинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кӏолебщинаб, рес бугебщинаб. Метералде тӏамун тезе ккани, мун метерлъагӏан чӏаго хутӏиялда ракӏчӏунищ вугев? Щибаб лахӏзат хӏалтӏизабе жакъасеб къо гӏадада инчӏого букӏиналъе, гьабизе рес букӏараб лъикӏлъи метер гьабизе щвечӏого хутӏизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукӏа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцӏулги метер щиб ккелебали. Жакъа талихӏавлъун ватани, мун хӏакъикъаталдаги талихӏав чи вуго. Сон яги церекъад талихӏавлъун вукӏанин ракӏалде кколеб батани ва кигӏан кӏудияб талихӏалъ дуда къвал бан букӏун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихӏ балагьулев ватани, гьебги буго гӏададисеб хӏалтӏи. Метерисеб къо я бачӏина я бачӏинаро. Гьединлъидал хӏаркат бахъе жакъаго талихӏавлъун вукӏине. Хӏалтӏе ва диналдаго цадахъ магӏишатги гьабе, дунялалдаги ахираталдаги Аллагь разилъуледухъ.\nЧӏобогояб хиял\nЦо-цо чагӏи рукӏуна, талихӏ бикьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадилел. Гьоркьов щивго тун вукӏунаро, гӏумруялдехун гьабулеб бербалагьи букӏуна щивасул батӏи- батӏияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гӏайиб. Гьелъие гӏайибияллъун цогидал гӏадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букӏине кколедухъ гӏумрудул къимат гьабунгутӏи ва гьабизе лъангутӏи. Гьединал чагӏаз гӏемер абула цо пуланаб жо щвани, жидедаса талихӏал чагӏи рукӏинего ратиларилан. Мина бугони, машинаги босани, хӏалтӏиги щвани, машгьурлъиги бачӏани, рикӏкӏине бегьилаха талихӏавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалдасан унелъул, мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукӏуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечӏого, къечон хола. Гьединал чагӏазда бичӏчӏуларо инсанасул анищазе гӏурхъиго букӏунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикӏкӏуна талихӏалъ рехун таравлъун. Гьедин букӏуна хвезегӏан. Гьединал чагӏазул талихӏкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутӏиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукӏуна жидерго гьечӏеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо Бетӏергьанас жидее кьуралдаса разиго рукӏине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гӏакълу бугев чияс киданиги абизе гьечӏо цо пуланаб жо щвараб мехалда, вукӏине вугин жив талихӏавлъунин. Бугелда разилъи, Бетӏергьанасе рецц гьаби — гьеле талихӏав чиясул хасият. Щукру гьабуни, жеги цӏикӏкӏинабулинги абун бугелъул, Бетӏергьанас цӏикӏкӏинабула ва гьединав чи жеги талихӏавлъунги лъугьуна. Талихӏ буго щивав чиясул рекӏелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб."}
{"slug": "9244-maskagun-kverdakhkhelal-khiazhal-ila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9244-maskagun-kverdakhkhelal-khiazhal-ila", "title": "Маскагун квердаххелал хӏажалъила", "date": "2020-08-18 13:21:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул премьер—министр Артем Здуновас тӏобитӏана видеоконференциялда бицана 2020—2021 цӏалул соналде хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.\nАслияб кӏалъай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ. «Дагъистаналда цӏалул соналде хӏадурлъулеб буго лъай кьеялъул 2440 идара. Щибалъ хӏадурулеб буго цӏалул соналде хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ акт. Гьелда бан федералияб базаялда хъвалел руго киналго баянал. 17 августалде киналго школазул халгьабун бахъинабизе буго. Цо-цо муниципалитетазда руго Роспотребнадзоралъул тӏалабал тӏуразаризе бажарунгутӏиялъул рахъалъ масъалаби», — ян бицана гьелъ. Масъалаби тӏурачӏел муниципалитетазда гьоркьор министралъ рехсана Болъихъ, Хунзахъ, Гъарабудагъкент, Гумбет ва Лъаратӏа районал.\nБицана цӏиял объектал рагьиялъул хӏакъалъулъги. Каспийскалда рагьулеб буго 280 лъимадуе бакӏ бугеб лъималазул ах, рагьулеб буго 2294 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб ичӏго школаги. Гьелде тӏадеги, исана жеги рагьизе буго 9074 бакӏ бугеб 33 школаги 58 лъималазул ахги.\nУ. Гӏумаровалъ хасаб кӏвар буссинабуна коронавирусалъул заманалда школазулгун лъималазул ахазул хӏалтӏул хаслъиялдеги. 20 августалда букӏине буго республикаялъул учительзабазул Августалъулаб данделъи ва гьениб жеги мухӏканго бицине буго лъай кьеялъул масъалабазул хӏакъалъулъин абуна министралъ.\n1-4 классазул цӏалдохъаби кваназаризе руго школалдаго. Гьелде биччан буго 629 миллионгун 600 азарго гъурущ. Амма гӏемер масъалаби руго богорукъал гӏуцӏиялъул рахъалъин бицана У. Гӏумаровалъ.\nБайбихьул школалъул цӏалдохъаби кваназариялъулги эпидемиялде данде къеркьеялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хӏакъалъулъ бицана Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас. Гьесул баяназда рекъон, киналниги школазда гьоркьоса санитариял нормаби цӏунун руго 604 школалда ва 121 школалда гьечӏо богорукъ; 483 школалъул богорукъ буго, амма гьел рекъонкколаро чӏезарурал тӏалабазде. «624 школалъул богорокъор 1-4 классазул цӏалдохъаби кваназаризе хӏажалъула 70 азарго гӏодор чӏолеб бакӏ, нилъерин абуни, буго 58 азарго. Цӏалдохъабазул гӏаммаб къадар бахуна 198 азаргоялде. Хӏисабалде босизе ккола цоги хӏужа: лъимал кваназаризе ккола тӏоцебесеб лъабго переменаялъул заманалда. Руго цогидал масъалабиги», — ян бицана Н. Павловас.\nТахшагьаралъул школазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицана Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас: «Цо-цо школазда жеги хутӏун руго гӏунгутӏаби. Гьезул цоги нухалда халгьабизе ахӏизе руго Роспотребнадзоралъул хӏалтӏухъаби. №№10, 49 ва 41 школазул администрациязе гьарун руго кьварарал бадирчӏваял – гьабсагӏаталда гӏунгутӏаби тӏагӏинариялъе хӏаракат гьабулеб буго гьенибги», — ян.\nДанделъиялъул ахиралда Артем Здуновас лъазабуна санитариял нормабазда рекъон цӏали гӏуцӏизе хӏажатал алатал – маскаби, квердаххелал, кверазде речӏчӏизабулел спреял ва гь.ц. – чӏезариялъе ресал ратиялда тӏад ургъизе кколин абун."}
{"slug": "9246-nizhetsa-giadilgerej-tiasavishchana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9246-nizhetsa-giadilgerej-tiasavishchana", "title": "«Нижеца Гӏадилгерей тӏасавищана»", "date": "2020-08-18 13:25:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Машгьурав министр телеэкраназде тӏадвуссине вуго\n2009 соналъул июналда, террористазул квердаса гӏумруялдаса ватӏалъарав, Республикаялъул Жанисел ишазул министрлъун вукӏарав Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасул хӏакъалъулъ кино бахъизе буго кватӏичӏого. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьал къоязда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс—конференциялда. Москваялъул Горькиясул цӏаралда бугеб киностудиялъги, «Дагъистан» кинокомпаниялъги цоцалъ рекъон гьабулеб буго кинабго хӏалтӏи.\nФильмалъе сценарий хъвазе буго Дмитрий Резаевас. 2021 соналде киналго кинотеатразда бихьизе рес буго гьеб кино. Гьелъул режисер ккола Александр Щурихин. 25 соналъ цевеги щун вукӏун вуго гьев нилъер республикаялде, «Талисман Любви» абураб кино бахъулеб мехалъ. Гӏадилгерейил бихьинчиясулаб хасияталъги, гӏумруялда жаниб гьес живго кинав чи вукӏаравали вихьизавиялъги цӏакъ асар гьабун бугоан гьесие.\n«Гӏадилгерей гӏадал бахӏарчиял, бергьараб хасияталъул гӏадамал гӏемерал рукӏунел ратиларо. Нижеца гӏемерав чиясда цӏех-рех гьабуна ва жеги гьабизеги буго киноялда жаниб гьесул образ рагӏа-ракьанде щун кьезе. Гьесул гӏага-божараз, цадахъ хъулухъ гьабулел рукӏараз, гьудул гьалмагъзабаз гӏемераб цӏияб, цебеккун нижеда гьесул хӏакъалъулъ рагӏун букӏинчӏеб чанги жо бицана. Узухъда нижеца гьеб кинабго киноялда жаниб лъела», — ян бицана Александр Щурихиница.\nСценарий хъвалаго жиндие аслияблъун бугин, гӏадан хӏисабалда кинав чи вукӏаравали бихьизабиян бицана пресс-конференциялда Дмитрий Резаевас.\n«Блокбастер тайпаялъул фильмалда букӏунебщинаб жо гьенибги букӏине буго: вертолеталги, бронетехникаги, ОМОНги. Гьеб кинабго бихьизабизе буго гӏадатияб къагӏидаялъ, техникаялъул букӏине кколеб даражаялда рекъон. Амма дие аслияблъун буго Гӏадилгерей гьеб киноялда министр яги Россиялъул бахӏарчилъун гурев, инсан хӏисабалда кинав чи вукӏаравали бихьизаби. Телевизоралда щив вукӏаниги вихьизавулелъул, гьесул жанисеб тӏабигӏатги хасиятги добе нахъегӏан ккун батула. Амма Гӏадилгерей, киназго бицунеб гьесул кутакалда бахӏарчияб, хӏинкъи-къай лъалареб хасияталъухъ балагьичӏого, тӏоцебесеб иргаялда гӏаданлъун вукӏана. Жиндирго жанисеб рухӏияб дунялгун, рекӏел бухӏигун, киназдасаго бахчараб асарги букӏана гьесул, бокьарав чӏагояв чиясулго гӏадин. Гьеб кинабго рагьизе бокьун буго дие киноялда жаниб», — илан бицана сценаристас пресс-конференциялда.\n«Ввысь» абураб кинокомпаниялъул генералияв директор Рушта Руштовасги абуна гьеб букӏине бугин цохӏо Дагъистаналдаги Россиялдаги гуребги, дунялалъул даражаялда бахъараб блокбастералъулаб фильмилан.\nМоскваялъул Горькиясул цӏаралда бугеб киностудиялъул цоялдаса цоял лъикӏал махщелчагӏиги гӏахьаллъун, лъикӏаб фильм бахъизе ракӏалда бугин жидедаян бицана, «Дагъистан» кинокомпаниялъул вакил Мухӏамад Гӏабдулкъадировас.\n«Кӏиго сагӏаталъул халалъиги бугеб хронометражалъулаб кино букӏине буго гьеб. Узухъда Гӏадилгерей гӏадав чиясул хӏакъалулъ кӏиго сагӏаталда жаниб бицун лъугӏуларо, гьесул гӏумруялъул ахираб лъабго-ункъо соналда ккараб лъугьа-бахъинал рачине руго гьелъ жанире.\n-Гьев кин къадаралде щваравали бицине бугищ гьениб?\n«Буго. Бидулаз къорги гъун гьев гӏумруялдаса ватӏа гьавураб куцалъ саламатаб бакӏ кквезе буго киноялъул ахиралда. Гьединго гьев гӏахьаллъарал терроралъул актал ккарал бакӏазул, гьев хӏалтӏулев вукӏараб куцалъул бицине буго сюжеталда аслияб къагӏидаялъ.\nГьабсагӏаталда ниж хӏалтӏулел руго сценариялда тӏад. Цохӏо Россиялдаса гуребги, къватӏисел пачалихъаздаса актеразги гӏахьаллъи гьабизе рес буго гьениб».\n-Жиндир хӏакъалъулъ художествияб фильм бахъиялъе хас гьабун Гӏадилгерей тӏасавищиялъе гӏилла кинаб ккараб?\n«Имам Шамиль. Ахульго» абураб фильм къватӏибе бачӏун хадуб, гӏемерал заявкаби рукӏана нижехъе рачӏунел. Гӏемерал халкъазе бокьун буго жидерго миллияв бахӏарчилъун вахъарав чиясул хӏакъалъулъ гьединаб кино бахъизе. Хӏатта жидерго чиясда цӏар чӏвалеб букӏана Чачаназул, Ингушетиялъул гӏадамазги. Амма нижеца тӏаса вищана Гӏадилгерей. Гьелъие гьев мустахӏикъав вукӏун»."}
{"slug": "9248-futbol-bokulezul-liga", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9248-futbol-bokulezul-liga", "title": "Футбол бокьулезул лига", "date": "2020-08-18 13:38:09", "categories": ["obshestvo"], "text": "Болъихъ росулъ тӏобитӏана Футбол бокьулезул лигаялъул кӏудияб турнир. Гьелда гӏахьаллъана районалъул росабалъа 16 команда.\nИсана турнир гӏуцӏун букӏана гӏемерал соназ Чанхъо росдал гьоркьохъеб школалъул директорлъун хӏалтӏарав Сагӏитбег Алхасов ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда. Жигарал гӏуцӏарухъабилъун рукӏана Мухӏамад Гӏалиевги, Мухӏамад Митаровги, Шамил Ражабовги. Гӏарцул рахъалъ квербакъана районалъул администрациялъги спонсоразги.\nТӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана «Техникс» абураб команда (гьезие приз хӏисабалда кьуна 75 азарго гъурущ). Кӏиабилеб бакӏалде ккана «Гӏанди» абураб команда (гьезие кьуна 50 азарго гъурущ) ва лъабабилеб бакӏалде – «Аякс» абураб команда (25 азарго гъурущ)."}
{"slug": "9250-rakalda-tolel-rugel-talikhial-l-alkiazukh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9250-rakalda-tolel-rugel-talikhial-l-alkiazukh-e", "title": "Ракьалда толел ругел талихӏал лъалкӏазухъе", "date": "2020-08-18 13:44:45", "categories": ["insan"], "text": "Махӏачхъалаялда, Ленинил майданалде щварай дир тохлъукьего берречӏчӏана Цӏадаса Хӏамзатие бараб памятникалда хьолбохъ скамейкаялда гӏодор чӏарал харабазда. Гӏемераб мехалда гьезухъ ялагьун, палгъан хутӏана – рагъарулелго гьечӏоан. Дун хӏинкъадго, бигьа гьаюн аскӏое ана. Ва гьале дида цере – Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Абутӏалиб Гъапуров ва Сулейман Стальский. Гьезул чӏагоял сипатал рихьидал, магӏугицин бачӏана йохиялъ. Гьал гьоболлухъ рачӏун руго цоги халкъияв шагӏирасухъе – Цӏадаса Хӏамзатихъе. Гьуинго гара-чӏварулел ругел гьезухъ гӏенеккун, хӏайранлъун хутӏана дун. Лъабго гӏакъил, лъабго шагӏир, Дагъистаналъул адабияталъул кӏудияб кваркьидал канал хӏулаби. Гьале дов Расулица «Дир Дагъистаналда» гьоркьоса къотӏичӏого рехсолев Абутӏалиб, Сулейманги вачун, щун вуго Хӏамзатихъе. Гьезда аскӏой гӏодой чӏарай дихъе рачӏунел рукӏана гӏажаибго берцинал пикрабиги. Гьездаго гьоркьоб букӏана гьадинаб суалги – лъицадай гьал шагӏирзабазда кӏиабилеб рухӏ «гъураб?» —илан абураб. Дица цӏех—рех гьабуна. Гьев ватана Россиялъул мустахӏикъав художник, Дагъистаналъул халкъияв художник, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул лауреат Гӏали Мухӏамадов. Ва нижеца гьев редакциялде ахӏана, Дагъистаналъул маданияталда жинцаго толеб бугеб иргадулаб гвангъараб талихӏаб лъалкӏалъухъе «гьоболлухъ».\nМагӏаруллъи! Унго, дур берцинлъи. Доба борхалъуда хъахӏилзодихъ, батӏи-батӏиял накъищалги рахъулаго, церехун роржун унел накӏкӏазухъе цӏаруцӏунел дур мугӏрузда тӏавапги гьабун, цӏидасанги ракьалда рещтӏана Гӏалил анищал. Цӏумазул улкайилан жинда абулеб Цӏумада районалъул Гьигьалъ росулъа гӏолиласул талихӏалъул лъалкӏаз жидерго канлъи кьуна рикӏкӏада Швейцариялдаги. Кунчӏана дунялалдаго машгьурав гугарухъан Гӏали Гӏалиевасул къисматалъул цӏва. ФИЛалъул президент Рафаэль Мартанеттил квербакъиялдалъун, Гӏалил жигарчилъиялдалъун Дагъистаналъул спорталъул тарихалъул тӏамач кунчӏана Лазанни шагьаралда – машгьурав речӏчӏухъан Гӏали Гӏалиевасе рагьараб памятникалъул авторги ккола Гӏали Мухӏамадов. Абизе бегьула Гӏалил цӏваялъги жиндирго масъала тӏубанилан. Гьев ракьалде вачӏунелъул, цадахъ рещтӏараб гьелъги тӏасабищун буго цӏумазул борхалъи. Гьелъул борхалъиялда пахруго ва чӏухӏадго парпалеб буго жакъа гӏагараб ракьалдеги гьитӏинаб ватӏаналдеги бугеб Гӏалил кӏудияб рокьи.\nЦо лахӏзаталъги нахъехун регилин Гӏали Мухӏамадовасул гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал. Гьанир нилъеда ратила, талихӏалъул куркьбалги гъун, роржине риччарал анищазул рогьелги, магӏарул росдал махӏги, гӏадатиял магӏарулазул яхӏалъул чӏухӏиги, мугӏрул чӏужугӏаданалъул намусалъул борхалъиги. Дагъистаналда бакӏ гӏечӏел магӏаруласул къасдал роржана Чачаналде, Ингушетиялде, Швейцариялде, гьайгьай, гӏагараб росулъ цӏумалъул сипаталда бараб памятникалъул тӏогьиб свериги бахъун. Цӏум – гьеб ккола борхалъиялъулги, тӏадегӏанлъиялъулги, гьелдаго цадахъ гӏадатлъиялъулги гӏаламат. Гьеле гьединаб тӏадегӏанаб буго Гӏалил къисматги. Гьесул къисматалъул бакъуе гӏумру кьолеб буго лъабго аслияб чӏоралъ, гьеб бечӏазе толеб гьечӏо Гӏалил гӏумруялда талихӏалъул накъищаз баарал лъабго хӏасраталъ. Гьеб хӏасраталъулги буго лъабго кечӏ. Щибалъул жиндирго сарин, жиндирго роржен. Гьезда цӏаралги руго Мухӏамад, Шамил ва Тимур. Инсул гӏумруялъул дарсаз кӏудияб дунялалде нухарегӏарал гьел сонги, жакъаги, метерги ва даималъего рукӏине руго гьесул мугъ чӏвалеб кьурулъунги, гьесул гӏумруялъул кьодул щулиял ссакӏаллъунги. Киса-кирего – эменгун цадахъ. Гьезулги хатӏ буго инсул хӏалтӏабазулъ. Гьеле доб мугӏрузда бижараб, гӏодоблъиялда тӏегьараб унго-унгояб тарбиялъул хӏасил. Талихӏалъул мугьру чӏвараб Гӏалилги лъималазулги берккеялда хӏинкъараб къисматалъул лъалкӏазухъ жакъаги гьоболлъухъ йиго дун Гӏалигун цадахъ. Рухӏдаллъулей йиго дун гьесул гӏумруялдаги гьес хадусел гӏелазе толеб бугеб рухӏияб бечелъиялдаги. Гьединаб буго Гӏали Мухӏамадовасул гӏумруялъул чӏвабзаз бачунеб къисматалъул сарин."}
{"slug": "9252-sual-zhavab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9252-sual-zhavab", "title": "СУАЛ-ЖАВАБ", "date": "2020-08-18 13:59:01", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Хадусеб кӏиго суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас.\nЦӏумада районалъул Гъоркьгьаквари росулъа 79 сон барав пенсионер, 49 соналъ авар мацӏалъул дарсал кьолев захӏматалъул ветеран Насрудинов Шагьрураманарица цӏехолеб буго: «Коммуналиял хъулухъазухъ абун, учительзабазе моцӏрое кьола 1100 гъурущ ва ветеран хӏисабалда, —щунусиялда хадуб гъурущ. Дир хъизаналъ хӏалтӏи таралдаса буго ункъо сон, гьелго гӏарцал гьелъиеги щола. Букӏунадай гьединал чагӏазе токалъул ва газалъул 50 проценталъул бигьалъи. Дие щолареб батани, хӏалтӏуларей хъизаналъегӏаги букӏународай гьединаб скидка?»\n— 2013 соналъул 26 октябралда къабул гьабураб Россиялъул хӏукуматалъул № 963 хӏукмуялда рекъон, коммуналиял бигьалъаби хӏисабалда, росдал учительзабазе моцӏрое 1200 гъурущ кьезе бихьизабун буго. Амма, мискинаб регион бугин абун, нилъер учительзабазе 1133 гъурущ гурони кьоларо.\nКоммуналиял хъулухъазухъ абун, компенсация кьола росдал школалда хӏалтӏун анцӏго соналда дагь гьечӏеб педагогикияб стаж бугел пенсиялде арал учительзабазе. Гьеб педстажалде гьоркьобе унаро лъимада хадуб хъулухъ гьабизеян босараб отпуск яги учителасе бокьун гьоркьоб къотӏизабураб стаж. Росулъ хӏалтӏарав, амма жакъа шагьаралда гӏумру гьабун вугев учителасеги гьел бигьалъаби рукӏунаро.\nЛъаратӏа районалъул Мазада росдал школалъул учитель Гӏалиев Маирбекица цӏехолеб буго:\n«Нижер участкаялда гӏарац кьезе кколеб жо, цохӏо ток гуреб, щибго гьечӏо. Цебе росдал учителасе цо тонна тӏурччи чӏобого кьолаан, гьелъул багьа букӏана анкьазарго гъурущ. Хадуб гьелъул багьа 12 азаргоялде бахана. Тӏурччи рехун хираго чӏолеб бугин абун, гьелъул бакӏалда моцӏрое 1500 гъурущ кьолаан.\nЩибаб моцӏалъ дица токалъухъ кьола 500—800—1700 гъурущ. Дие бокьун буго токалъухъ кьолеб гӏарцул бащдаб кьуни гӏолин абураб баян щвезе. Социалияб рахъалъ цӏуниялъул хӏакимзабаз абулеб буго коммуналиял хъулухъазухъ моцӏрое жидеца кьолила азарго гъурущ. Нужеца газеталда хъвараб жо гьез гӏадахъ босулеб гьечӏо. Бокьила гьаб дир суалалъе мухӏканаб жаваб щвани».\n— Хӏурматияв Маирбек, кигӏан бокьичӏониги нахъеги такрар гьабизе кколеб буго, коммуналиял бигьалъаби хӏисабалда, Дагъистаналда росдал учительзабазе моцӏрое кьезе бихьизабун буго 1133 гъурущ. Дуе бокьараб къагӏидаялда, токалъухъ кколеб гӏарцул бащдаб кьуни гӏолин абураб баян щвезе кинго рес гьечӏо. Нужер районалъул социалияб рахъалъ цӏуниялъул хӏакимзабаз абулеб жо, ай коммуналиял хъулухъазухъ моцӏрое кьолеб азарго гъурущ ккола жакъа къоялъул кьогӏаб хӏакъикъат.\nШамил районалъул Зиуриб росулъа Гьитӏихӏмаев Гьитӏихӏмаца цӏехолеб буго:\n«1991 соналде щвелалде кассаялда лъун букӏараб гӏарцул компенсация 2020 соналда кигӏанасеб роценалде щолеб, киса босизе бегьулеб?»\nГьаб суалалъе жаваб кьуна Махӏачхъалаялъул Сбербанкалъул кассовиял операциязул отделалъул начальник Хӏусен Хӏусеновас:\n— 2020 соналда сбербанказ кьола 1991 соналъул 20 июналде щвелелде кассаялда лъун букӏараб гӏарцул компенсация. 1991 соналъул 20 июналдаса хадуб кассаялда лъураб гӏарцул компенсация букӏунаро.\n2020 соналда гьединаб компенсациял щвезе рес букӏуна кассаялда гӏарац лъун букӏарал РФялъул гражданазул, гьединго гьезул ирсилазул ва хвел-хобалъул ишал тӏуразарурал ирсилазул. Гьел компенсациял кьола федералияб бюджеталъул сурсатаздасан. 2010 соналда компенсация босарал чагӏазе, 2020 соналда гьеб щоларо, ай №1092 хӏукмуялда рекъон, кӏиабилеб нухалъ компенсация букӏунаро.\nКомпенсациялъул роцен:\n1945 соналде щвелалде гьарурал вкладчиказе щола 1991 соналъул 20 июналда кассаялда хутӏараб гӏарцул лъабго нухалъ цӏикӏкӏараб роцен (трехкратно).\n1945-1991 соназда гьарурал вкладчиказе-кӏиго нухалъ цӏикӏкӏараб роцен. Компенсациялъул роцен- къадар бараб букӏуна кассаялда гӏарац цӏунараб заманалда.\nКомпенсация щвеялъе бихьизабуни гӏола паспорт ва сберкнижка. Гьезул кьучӏалда хъвала гӏарза. Хал гьабизе нижеца гӏарза битӏула Воронежалда бугеб бетӏераб банкалде. Гьеб тадбиралда заман уна, гьениса щвараб баяналда рекъон, конпенсациялъул гӏарац босизе бегьула республикаялъул бокьараб Сбербанкалдаса.\nХадусел суалазе жаваб кьуна адвокат ШехмухӏамадГъазимухӏамадовас.\n«Рохун рукӏана 2020 соналъул апрель моцӏалда социалияб пенсия цӏикӏкӏине бугин рагӏун. Гьабичӏо. Исана социалияб пенсиялъул индексация гьабизе бугищ?»\n— 2020 соналъул 13 марталда къабул гьабураб РФялъул хӏукуматалъул № 270 хӏукмуялда рекъон, 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдасан байбихьун социалияб пенсиялъул индексациялъул роцен 1,061 бахинабуна. Гьединаб къагӏидаялда 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе цӏикӏкӏинабуна социалияб пенсиялъул къадар.\nРФялъул Захӏматалъул министерствоялъул хӏисабазда рекъон, пенсионерасе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб гӏарцул къадар цӏикӏкӏана 6,1 проценталъ, 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе социалиял пенсиялги гьел процентаз цӏикӏкӏана.\n«Лъил ихтир бугеб цого заманалда кӏиго пенсия босизе?»\n— №166 Федералияб законалъул лъабабилеб статьяялда рекъон, цого заманалда кӏиго пенсия босизе ихтияр букӏуна:\nРагъда лъукъиялдалъун инвалидлъи чӏезабурал гражданазе кьола инвалидлъиялъулги херлъиялъул страховияб пенсия.\nКӏудияб Ватӏаналъул рагъул гӏахьалчагӏазе-инвалидлъиялъул ва херлъиялъул страховияб пенсия.\n№166-леб Федералияб законалда рекъон, хьихьулев чи (кормилец) хвеялда бан кьолеб пенсия гуребги, рагъул хъулухъ тӏубалаго хварал солдатал-призывниказул улбузе кьола инвалидлъиялъул яги херлъиялъул страховияб пенсияги.\nРагъул хъулухъ тӏубалаго лъукъиялдалъун хварал рагъул хъулухъчагӏазул цӏияб ригьнаде лъугьинчӏел къоролзабазе кьола хьихьулев чи хвеялда бан кьолебги, херлъиялъул кьолеб страховияб пенсия.\nРадиациялъулал ва техногениял балагьазул заралаздалъун хӏалтӏун бажаруларел хъизамазул чагӏазе. Гьезие цого заманалда кьола хьихьулев чи хвеялда бан кьолеб пенсияги херлъиялъул страховияб яги социалиб пенсияги.\nХварал космонавтазул хъизамазул чагӏазе кьола хьихьулев чи хвеялда бан кьолеб пенсия гуребги, гьезул ихтияр бугеб бокьараб цоги пенсияги босизе.\n«Жителю блокадного Ленинграда» абулеб гӏаламат щварал чагӏазе рес буго инвалидлъиялъул ва херлъиялъул пенсиял щвезе.\nХунзахъ районалъул Мушули росулъа 72 сонилъ йигей Хӏадисова Хадижатица гьарулеб буго: «25 соналъ тарбиячӏужулъун дун хӏалтӏана лъималазул ясли—ахалда, хадуй, «за выслугу лет» абураб пенсияги босун, гӏодой чӏана. Дир харж букӏана 80—120 гъурущ. Дие щола выслугаялъул 9500 гъурущ пенсия. Пенсиялде ине заман щведал дица гьарана херлъиялъул пенсия бахъеян. Пенсиялде гьеб сверизабуни, дие щолеб гӏарац дагьлъулин абун, гьеб бахъичӏо. Пенсияги «за выслугу летги» дие букӏине бегьуларищ?\nДир буго рукъалде буссараб ункъого лъимер. Гъоркьиса гьединал улбузе пенсиялде тӏаде гӏарац бачӏана. «За выслугу лет» бугезе биччаларин абун, гьебги дие щвечӏо. Гьарула гьаб дир суалалъе битӏараб жаваб кьеян».\n— 17 декабралда къабул гьабураб ва 2012 соналъул лъабабилеб декабралда цӏигьабураб N1173-ФЗ «О трудовых пенсиях в Российской Федерации» абулеб Федералияб законалъул 4-абилеб статьяялда рекъон, Хӏадисова Хадижатил гӏадаб хӏалтӏуда рукӏарал чагӏазе цого заманалда кӏиго пенсия кьоларо, амма гьезул ихтияр буго, цӏикӏкӏараб къадаралда гӏарац щолеб къагӏидаялда, захӏматалъул ва «за выслугу лет» пенсияздаса бокьараб тӏаса бищизе.\n№ 400 федералияб законалда рекъон, 2013 соналдаса байбихьун, санаде рахъарал лъимал ругел пенсионеразул пенсиялде тӏаде гӏарац жубазе бихьизабун буго. Гьеб кьола бечедал регионазул пенсионеразе. Амма, нилъер Дагъистан гӏадаб, кидадай Москваялдаса гӏарац бачӏинаян бугеб мискинаб регионалъул пенсионеразе гьеб щоларо."}
{"slug": "9253-polkovnikasul-pogonazde-khiur-kkeze-techio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9253-polkovnikasul-pogonazde-khiur-kkeze-techio", "title": "Полковникасул погоназде хӏур ккезе течӏо", "date": "2020-08-18 14:35:20", "categories": ["insan"], "text": "Щивасул буго ракьалда бихьизабураб жиндир заман. Хирияв чи абадияб дунялалде къокъун хадуб дунялалда хутӏарал гьесул гӏагарал чагӏазухъе рещтӏуна пашманлъигун къварилъи ва рекӏел унти. Ракьалда букӏарабги абадиябги гӏумруязул бухьенлъун лъугьуна инсанас тарал ишал, гьесда цадахъ араб заманалъул лъалкӏалги гьез ракӏалъе гьабулеб асарги.\nДие бокьун буго дирго гьудул Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовасул хӏакъалъулъ бицине. 20 соналъ цеве хъачагъазул вахӏщилъиялъул хӏасилалда накълулъана гьев. Гьес бан букӏана гӏицӏго 50 сон. Бахӏарчияв, яхӏ-намус бугев, тӏабигӏаталъго кьураб гӏакълугун культура насибав, инсанасул адаб гьабизе лъалев, гьудуллъиялъе ритӏухълъи цӏунарав ва гьелъул къимат гьабизе бажарулев, жиндехун тӏалабчилъи цӏикӏкӏарав, жиндир пикру загьир гьабизе хӏинкъуларев ва гьеб цӏунизе таваккал гӏолев, жинца тӏасабищараб пишаялъе ритӏухъав – гьев кунчӏана гвангъараб цӏвалъун ва абадиялъего лъалкӏги тун, ватӏалъана нилъедаса.\nНиж тӏоцебесеб нухалда дандчӏвана 1968 соналъул сентябралда — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул химиялъул факультеталъул студенталлъун рахъараб мехалда. Хӏажимухӏамад вукӏана логода ворхатав, хӏалакъаб черхалъул, хъахӏилал беразул гьимиялъ ракӏ тӏаде цӏалев, къамартӏав гӏолохъанчи. Хехго ккана нижер гьудуллъи: гӏумруялде, гӏадамазде ва гьудуллъиялде цокӏалаб бербалагьи батана нижер.\nДун чанцӏулго щвана гьесда цадахъ Агъваливеги Тӏиндивеги – гьесул эбел-инсухъе. Къурамухӏамад- дациги Маржанат-адаги рукӏана цӏакъ лъикӏал, хӏеренал ва гьобол хириял гӏадамал. Дунги гьез къабул гьавуна васлъун. Сундулъго батӏа гьавулароан Хӏажимухӏамадидаса дун гьез. Дир эмен Мухӏамадицаги эбел Таибатицаги гьединго къабул гьавулаан Хӏажимухӏамадги. Гьезиеги хиралъана дир гьудул.\nУниверситетги лъугӏизабун, Буйнакскиялда рукӏарал рагъулал сборалги нахъа тун, нижее кьуна лейтенантасул цӏар. 1973-1975 соназда кӏиялго цадахъ ккана Киевалъул рагъулаб округалде — гӏарадачагӏазул батареялъул командирасул хъулухъазда. Армиялда рукӏагоги, нижеца рехун течӏо спорт. Ивано- Франковскиялда рукӏарал къецазда Хӏажимухӏамад вахъана самбоялъул рахъалъ призерлъун, чанцӏулго чӏел босана гьес эркенаб гугариялдаги.\nАрмиялдаса тӏадвуссун хадуб Хӏажимухӏамад хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул МВДялде, — дун — Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул Геологиялъул институталде. 1978-1981 соназда ниж нахъеги рукӏана цадахъ. Хӏажимухӏамад цӏалулев вукӏана СССРалъул Жанисел ишазул академиялда (гьес тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна гьеб), дун — СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул Органикияб химиялъул институталда аспирантлъун.\nМВДялда 25 соналъ хӏалтӏана Хӏ. Хӏажимухӏамадов — гьес рахана гӏолохъанав оперативияв хӏалтӏухъанасдаса республикаялъулаб даражаялъул нухмалъулесде щвезегӏан хъулухъалъул болъодул хӏокӏал. Вукӏана МВДялъул Гӏахьвахъ районалъул отделалъул, Махӏачхъалаялъул Ленинский РОВДялъул, Махӏачхъала шагьаралъул жанисел ишазул управлениялъул начальниклъун.\nГьеб букӏана захӏматаб заман: рижун рачӏана миллиял хӏаракатал, пачалихъиял идарабаздаги парламенталдаги рукӏана такъсирчилъигун бухьен бугел хӏакимзаби (гьез сан гьабулароан законазул) ва къадру хун букӏана ракӏбацӏцӏалъиялъулги ритӏухълъиялъулги. Гьединаб хӏалалдаги Хӏажимухӏамадихъа бажарана хӏалтӏухъабаздаги халкъалдаги гьоркьоб жиндирго къадру цӏунизе. Гьесул адаб гьабулаан ишцоязги, миллиял хӏаракатчагӏазги, хӏата такъсирчагӏазул вакилзабазги — ритӏухълъиялъухъ, камилаб махщелчилъиялъухъ, гӏаданлъиялъухъ ва жавабчилъиялъухъ.\nХӏалтӏулебгӏан заманалъ Хӏажимухӏамад мустахӏикълъана РФялъул ва ДРялъул МВДялъулги ДРялъул хӏукуматалъулги гӏемерал шапакъатазе. ДРялъул Пачалихъияб Советалъул хӏукмуялда рекъон, гьесие кьуна «ДРялъул мустахӏикъав юрист» абураб цӏарги. 1996 соналъул сентябралда террористазухъа гъоркьлъалие ккурав 18 чи ворчӏизавиялъухъ гьесие кьуна Россиялъул Бихьинчилъиялъул орденги.\n1998 соналъул маялда питначагӏаз гьужум гьабуна республикаялъул Хӏукуматалъул минаялде. Хӏинкъи букӏана гьенисан байбихьараб кьал тӏолабго республикаялда тӏибитӏиялъул. Бидулал лъугьа-бахъиназда цере сангарлъун эхетаразда гьоркьов вукӏана Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовги. Тунка-гӏусиялде дандечӏезе квербакъана гьесул къадруялъги ритӏухълъиялъги.\nГьев вукӏана районалъулгун республикаялъул патриотги интернационалистги. Дагъистан «миллиял минабахъ» рещтӏинабизе хӏаракат гьабулел цо-цо жамгӏиял церехъабазул заманалда гьес жигар бахъана батӏи-батӏиял миллатазул гьудуллъи-вацлъи цӏуниялъе. Динияб байрахъалда гъоркь вагьабизмгун экстремизм тӏибитӏизабулеб заманалдаги гьел хӏаракатазде данде къеркьана гьев.\nРФялъул МВДялъул полковникасул погоназде хӏур ккезе течӏо Хӏажимухӏамадица. Районалъул жамагӏаталъ гьев вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. Гьес кидаго цӏунулаан ракьцоязул интересал.\n1999 соналъул апрелалда Махӏачхъалаялда рагьана РФялъул МВДялъул Милициялъул хасаб гьоркьохъеб школа. Гьелъул начальниклъун тӏамуна Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадов. 15 моцӏалъ хӏалтӏана гьев цӏияб хъулухъалда ва гьесухъа бажарана курсантазул цӏалиялъеги, спорталъеги, гьединго гӏумруялъеги санагӏатал шартӏал гӏуцӏун. Тӏоцебесеб иргаялда, гьес нахъе бахъизабуна школа сверун ккун букӏараб зазиххараб маххул чали. «Маххул куналъ сверун къараб школалда цӏалулев гӏолиласул мустахӏикъав милиционер кин куцалев? Кин гьеб бичӏчӏизе кколеб гьесул эбел-инсудаги халкъалдаги?» — ян абуна гьес.\nГьесул рукӏана гӏемер планал. Масала, щуго соналда жаниб Милициялъул школалъул МВДялъул Академия гьабизе. Гьес гьел планал гӏумруялдеги рахъинарилаан — гьединаб хасияталъул чи вукӏана гьев. Вукӏинчӏо гьев жиндиего хӏалхьи- рахӏат балагьулев, хъулухъазда хадув лъугьарав чи. Гьес тӏалаб гьабулаан цадахъ хӏалтӏулел ишцоязул, хӏалтӏулаан, законалде мугъги чӏван, ватӏаналъул букӏинеселде божилъигун, ракълилаб Дагъистаналъул цебетӏеялъеги дагъистаниязул талихӏаб гӏумруялъеги гӏоло. Амма вахӏшиял гӏащтӏичагӏазул квералъ циндаго вахъана гьев нилъехъа…\nДир гьудул Хӏажимухӏамад ракӏалде щвезавулаго, гьесул лъади Сабигатидаги яс Мадинадаги, гьелъул ункъабго лъимералдаги абизе бокьун буго: Аллагьас рехун тогеги нуж, — ан абун."}
{"slug": "9254-l-ikiab-khiasilalde-ishangi-bosun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9254-l-ikiab-khiasilalde-ishangi-bosun", "title": "Лъикӏаб хӏасилалде ишанги босун", "date": "2020-08-18 17:20:47", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Школалда учительлъун хӏалтӏун гӏемер гӏарац щоларо, гьединлъидал батила гьеб махщел машгьураблъунги рикӏкӏунареб. Гьедин букӏаго, захӏматаб суал буго нужерго цебетӏеялда тӏадчӏаян абун учительзабазухъа тӏалаб гьаби. Цебетӏеялде гъирабазабулеб далиллъун букӏине бегьула хӏалтӏудехун бугеб учителасул хасаб бербалагьи, репетиторлъун хӏалтӏунниги, щолеб гӏарац цӏикӏкӏиналде хьул щулалъи. Махщел чӏобого камил гьабизе ресги буго. Гьелъул хӏакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталъул ректорасул хъулухъ тӏубалев Хӏамзат Жамалудиновас.\nХӏамзат Жамалудинов гьавуна 1960 соналъул 15 июналда Гумбет районалъул Аргъвани росулъ. 1983 соналда лъугӏизабуна Ломоносовасул цӏаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул философияб факультет. Гьев вуго философиял гӏелмабазул кандидат, социологиял гӏелмабазул доктор. Гьесие щварал шапакъатазда гьоркьор руго: ДРялъул лъай кьеялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, ДРялъул Хӏурматалъул грамота, «Элита образования» абураб халкъазда гьоркьосеб каранда балеб гӏаламат.\n1983—2013 соназда хӏалтӏана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталда, 2004—2013 соназда вукӏана проректорлъун. 2017 соналъул апрелалдаса августалде щвезегӏан хӏалтӏана ДРялъул лъай кьеялъул министрасул кумекчилъунги Гӏалибег Тахо—Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏех—рехазул институталъул директорлъун. Гьебго соналъул октябралдаса нахъе хӏалтӏулев вуго ДИРОялъул ректорлъун.\n-Кинал масъалаби тӏуразарулел жакъа ДИРОялъ?\n— Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институт буго республикаялда цохӏо бугеб ва чӏобого лъай камил гьабизе педагогазе рес кьолеб бюджетияб идара. Ракӏчӏун абила: рищватчилъи нижер гьаниб гьечӏо. Гьелъие нугӏзалги руго – институталъул курсазда цӏаларал лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, учительзаби, лъималазул ахазул тарбиячагӏи.\nЛъай камил гьабизе рачӏарал педагогазухъа низам цӏуни тӏалаб гьабула нижеца. Кӏигоялдаса цӏикӏкӏун къоялъ дарсазде вачӏинчӏев педагогасул цӏар хъвагӏала сияхӏалдаса. Чанцӏулго гьабизе ккана гьедин: лъагӏалида жаниб азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи нахъе витӏиялъул хӏужаги ккола мех-мехалда. Курсаздейин абуни, лъагӏалида жанив вачӏуна 10 азаргониги педагог.\n-Курсазде хьвадунгутӏиялъе гӏилла щиб?\n— Аслияб гӏилла ккола Махӏачхъалаялда рукӏине санагӏат гьечӏолъи. Учительзаби рачӏуна районаздаса, институталъул гьечӏо общежитие. Бегьулаан гьеб базе ДИРОялъул азбаралда, амма гьеб суал дир кверщаликье кколаро.\nХӏакъикъаталдаги махщел камил гьабизе гъира бугев учителасе кумек гьабизе ккола нижеца. Гьединлъидал нижеца дарсал гӏуцӏула заочнияб къагӏидаялдаги. ДИРОялда цебечӏараб аслияб масъала бугелъулха учителасе бищун лъикӏавлъун вукӏине кумек гьаби.\n-Кин гьеб гьабун бажарулеб?\n— Лъай камил гьабиялъул курсазул программаби малъула календарияб планалда рекъон, пачалихъалъ чӏезабурал къагӏидабиги кьочӏое росун – очно ва заочно. Исана марталъул ахиралдаса курсал гӏуцӏун рукӏана дистанциялъул къагӏидаялда. Гьелъул мурадалда хӏалтӏизабуна институталъул сайт. Дарсал кьолел рукӏана онлайналда ва жалго жидедаго чӏун (теория лъазабизе). Хадуб гьабуна гьоркьосебгун хӏасилияб аттестацияги – гьеб гӏуцӏана тестаздалъун.\nДИРОялъул аслияб хӏалтӏи буго цӏалулгун методикияб хӏаракат. Методикияб рахъалъул бицани, гьеб буго цӏалулгун методикиял документал хӏадуриялъул рахъалъ лъай кьеялъул идарабазе кумек гьаби, ДИРОялъул преподавательзабазул махщелгун гьунар камил гьаби, цӏали гӏуцӏиялъулгун курсазде рачӏунел учительзабазулгун гьабулеб хӏалтӏул къагӏидаби лъикӏлъизари. Методикияб хӏалтӏул аслияб мурад ккола цӏалул качество камиллъизабиялъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏи.\nДИРОялъул хӏаракаталда аслияб бакӏ ккола, гьанжезаманалъул лъай кьеялъулъ регионалияб лъай кьеялъ мустахӏикъаб бакӏ кквеялъул мурадалда, школаздагун лъималазул ахазда инновациялъул къагӏидаби хӏалтӏизаризе кумек гьабиялъги. Гьелъие хӏажатал педагогалги лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулелги хӏадуриги нижеда тӏадаб иш ккола. Институталъул кафедрабазулги цогидал гӏуцӏабазулги хӏалтӏи буссинабун буго пачалихъияб стратегиялде рекъонкколел проектал, программаби, батӏи-батӏияб даражаялъул моделал хӏадуриялде ва гьел гӏумруялде рахъинариялде.\n-Кинал тӏалабал ругел педагогасде гьанже заманалда?\n— Квалификация камил гьабизе ккола чара гьечӏого, амма гьеб щивасда гуро бичӏчӏулеб бугеб. Педагогасул букӏине ккола ункъо компетенция. Предметияб — гьесда лъазе ккола жинца кьолеб дарсил хӏасил; методикияб — лъазе ккола, кин дарс кьелебали; психологиябгун педагогияб — щивав цӏалдохъанасул хаслъи хӏисабалде босизе лъазе ккола; коммуникативияб — коллективалда гьоркьов вукӏа-вахъине лъазе ккола. Нижер «цӏалдохъабазда» гьоркьор бищунго машгьураллъун лъугьун руго психологиялъул курсал.\nНижеца хӏадурун буго лъай камил гьабиялъул курсазул нусгониги программа. Гьелъул мурад буго щивасе рекъонкколеб программа батизе рес кьей, гӏаммал курсазул рукӏарал гӏунгутӏаби тӏагӏинари. Кинаб курс щивасе дандекколебали халгьабула хасаб анкетаялъул кьучӏалда. Гьеб цӏезабизе кьола нижехъе цӏализе рачӏарал педагогазухъе.\n-10 азаргониги чиясе дарсал кьей бигьаяб иш гуро. Лъица гьел кьолел?\n— Гӏицӏго ДИРОялъул преподавателал хӏалтӏун тӏубаларо. Нижеца ахӏула ДГПУялъулги, ДГУялъулги преподавателалги, республикаялъул бищун лъикӏал учительзабиги, Краснодаралъул, Москваялъул, Тамбовалъул, Доналда бугеб Ростовалъул, учительзабазул лъай камил гьабиялъул институтазул хӏалтӏухъабиги, «Просвещение», «Российский учебник», «Русское слово» абурал басмаханабазул методисталги ва гь.ц.\nГьелде тӏадеги, «Букӏинеселъул учитель» абураб федералияб проекталда рекъон ва ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь ДИРОялъул кьучӏалда гӏуцӏулеб буго кӏиго центр: Педагогиял хӏалтӏухъабазул гьоркьоса къотӏичӏого махщеллъи камил гьабиялъулги Педагогазул профессионалияб махщелалъегун квалификациялъе къимат кьеялъулги. Кӏиабилеб централда букӏине буго учительзабазул лъай камил гьабиялъул ишги. Хьул буго гьелдаса учительзабазе пайда цӏикӏкӏиналде.\nЧара гьечӏого кумек гьабизе ккола учительзабазе, пачалихъалъги квербакъизе ккола гьезие моралиябгун материалияб рахъалъги. Лъай камил гьабиялъул мурадалда цӏализе вачӏарав учителасе гӏуцӏизе ккола киналго ресалги шартӏалги. Цоцазул дарсазде хьвади гуребги, батӏияб регионалъул ишцоясул мисалалда рекъон, музеяздегун миллиял театразде инеги гьезие санагӏат гьабизе хӏаракат гьабула дица. Республикаялъул культураялъул министралъухъе кагъатцин битӏун букӏана дица гьелъул хӏакъалъулъ, хьул буго къотӏи гьабиялде.\n-ДИРОялъ рес кьолищ учителасе, цӏидасанги цӏалун, цӏияб дарс кьезе ихтияр щвезе?\n— Гьайгьай, руго нижер гьединал курсалги. Официалиял баяназда рекъон, республикаялда гьабсагӏаталда гӏолев гьечӏо 600 учитель. Хасго хӏажат руго ингилис мацӏалъул учительзаби. ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул сайталда руго кинаб муниципалитеталда кинал учительзаби хӏажат ругелали бицунел баянал.\nБатӏияб махщелалъе цӏидасан цӏализе ккей — гьеб буго Дагъистаналъул педагогияб лъай кьеялъул масъалабазул аслияблъун. Гьединлъидал, лъикӏ букӏинаан ДИРОялъулги, педагогал хӏадурулел вузазулгун колледжазулги цадахъаб хӏаракат гьелде буссинабуни. ДГПУялъулгун гьединаб хӏалтӏи гӏуцӏун буго: нижеца цадахъ гӏумруялде бахъинабулеб буго «Дагьал комплектазул школа» абураб проект.\n-Лъица халгьабулеб ДИРОялъул хӏалтӏул?\n— Нижер учредитель ккола Дагъистаналъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерство. Институталъул хӏалтӏи камил гьабиялъул ва малъа-хъваял гьариялъул рахъалъ кӏудияб кумек буго министр Уммупазил Гӏумаровалъул. Гьелъул бихьизабиялда рекъон, тӏоритӏула гӏемерал тадбирал. Масала, Дагъистаналъул лъай кьеялда инновациял гӏумруялде рахъинариялъул рахъалъ батӏи-батӏиял идарабазул бухьенал гӏуцӏи.\nХӏалтӏул пайдаяб хӏасилалъе нугӏлъи гьабула ЕГЭ хашго кьурал цӏалдохъабазул школазулгун гӏуцӏарал тадбираз. Щибаб соналда гьарула нижеца ЕГЭялъул хӏасилал. Муниципалитеталъул щивав ункъабилев цӏалдохъанасухъа бищун дагьал баллазде ЕГЭ кьун бажарун гьечӏони, гьеб муниципалитет «багӏараб зоналъун» лъазабула. Ахӏула нижехъего муниципалитеталъул нухмалъулев ва гьесулгун дандги бан, хӏадурула лъагӏалида жанир гьенир тӏоритӏизе ругел тадбиразул программа. Анкьидасан гьенире ритӏула нижер хӏалтӏухъаби ва гьез лъай кьеялъул управлениялда цадахъ, гӏуцӏула учительзабазул мониторинг, ай учительзабаз хъвазе ккола ЕГЭялда релълъараб тӏадкъаялъе жавабал. Хадубккун гьабула щибаб дарсил хӏасил: учителас кинал гъалатӏал риччан ругелали."}
{"slug": "9255-zhidedago-gabize-l-alareb-chiyada-mal-ulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9255-zhidedago-gabize-l-alareb-chiyada-mal-ulel", "title": "Жидедаго гьабизе лъалареб чияда малъулел", "date": "2020-08-18 17:27:06", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кинаб заман тӏаде бачӏаниги, зигардулеб гӏамал буго гӏадамазул. Бугелда гӏей гьабизе киназдаго бажарулебги гьечӏо. Гӏемерисезе бокьулеб буго хехго ва гӏемер гӏакъуба бихьичӏого бечелъизе. Гьелдаса пайда босулеб буго сихӏирал ва гьездасаги хехго бечелъизе бокьараз. Ахираб заманаялда ссиялда руго бокьарал гӏадамал бизнесалде ругьун гьарулел тренингал, курсал. Цӏияб къагӏидаялъ гьелда абула коучинг. Ингилис мацӏалдаса буссинабуни, коуч ккола тренер, насихӏатчи. 10 азаргоялдаса 500 азариде щвезегӏан багьа бугел тренингазде хьвадулел руго гӏадамал. Гӏемерисел гьединал курсазул мурадги букӏуна гӏадамазда психологияб тӏадецуй гьабиялдалъун жалго хехго бечелъизари.\nДагъистаналдаги камулел гьечӏо гьединал тренингал. Инсан махсараде кквезе бищунго санагӏатаб бакӏлъунги социалиял гьинал ккола. Гьединал тренингазул аслияб лозунг букӏуна, чияда цере хӏалтӏичӏого, нужерго бизнес гӏуцӏизе кумек гьабулин абураб. РФялъул депутатаз хӏисабалде босунги букӏана коучазул пиша, сертификация гьечӏони, гьукъизе бугин абураб пикруги. Гӏадамазул захӏмалъабаздаса хайир босулезе ургъел гьечӏо жидехъ гӏенеккизе рачӏунез ахириселги гъурщал гьенир толел рукӏиналъул. Гьединал сихӏрабазде гъорлъе ккарал ва гӏагарлъиялъулгун гьезул рукӏунел гьоркьорлъабазул бицине бокьун буго.\n— Цӏалун лъугӏаралдаса нахъе йихьичӏей гьалмагъалъул Инстаграм-гьумералде тӏаде ккана цо къоялъ. Гьумер-куц добго буго, гьаракь ва ягъа-яшариялъул хасият тӏубан батӏияб буго. Цӏарги гӏурус мацӏалда бигьаго абизе бигьаяб гӏадаб хисун бугоан, фамилияги росасул босун бугоан. Психолог, «гӏумру гьабизе малъулей» махщелчӏужу (коуч) абун хъван бугоан гьелъул хӏакъалъулъги. Гьей гӏадан дида лъаларин абун телаан букӏараб, гьелъ жинцаго дихъе хъван бачӏинчӏебани. Гьанже жий бизнесчӏужу кколин, гӏадамазда битӏун гӏумру гьабиялъул нухги, талихӏаллъун рукӏинеги малъулин жинцаян бицунеб бугоан гьелъ. Рикӏкӏен гӏемерал сертификатазул ва пуланаб тренингалде хьваданин абун нугӏлъи гьабурал кагъталги ругоан гьелъул Инстаграм-гьумералда лъун.\nХъизан-лъималазул цӏехедал, гьелъ бицана метер васасул гьавураб къо кӏодо гьабизе бугин. Дунги ахӏана байрамалде.\nАида ккола эбел-инсул цохӏо йигей яс, гьединлъидал росгун ва лъималгун цадахъ гьелъ гӏумру гьабулеб бугоан эбел-инсул минаялда жаниб.\nВас гьавураб къо кӏодо гьабулеб бугоан фотографги, видеографги, аниматоралги ахӏун. Суратал рахъизе хасаб къагӏидаялъ къачӏан бугоан рукъалъул цояб къедги. Васасул суратги тӏад бахъараб цо кӏудияб тортги бугоан, тӏаде рачӏарал гьалбадерицаги бачӏун бугоан тортги сайгъаталги. Цо торталъул багьа 3000 гъурущ кколин чӏухӏадго бицуней йигоан Аидаги.\nГьеб чӏухӏараб байрамалда щаялиго пашманго йикӏана Аидал эбел Гӏайшат. Гьалбалги цо- цоккун нахъе ун, Гӏайшат адаги дунги цӏарагӏ чуризе лъугьана. Аидаян абуни, Инстаграмалда прямой эфирги биччан, цо щибалиго бицуней йикӏана.\nБайрамалъул хутӏел бакӏарулаго Гӏайшат ада къварилъахъдана, вай гьай ясалъул рихьдае гьабулеб хӏалтӏиги бизнесги жинда чӏалгӏун бугеб куцилан абун.\n«Гьагъаб Инстаграм абулеб жоялъухъ балагьулездаги ракӏалде кколеб батилаха дир ясалъул кутакаб бизнесги гӏемераб гӏарацги батилин абун. Вай, жакъа къоялде щвезегӏан, гьелъ гьорое биччан тарабщинаб гӏарац рикӏкӏун хӏал кӏвеларо. Унго-унгоян абуни, ниж цӏакъ ресукъго руго. Росас хӏалтӏун рокъобе бачӏараб гъурущги нахъе лъезе гьелда лъаларо. Лъималги росги херай дир цӏобалде рехун тун рукӏуна. Дица гьабураб квенги росасдаги лъималаздаги кваназабун, цогӏаги нухалда кванилъе лъугьине гӏамал гьабуларо. Кинабалиго тренингалда йикӏанин, сордо бащалъараб мехалда ячӏуна рокъое. Дица данде бачинчӏебани, хъизанги некӏого биххилаан гьелъул букӏараб. Бечелъизе ва цӏар рагӏарайлъун йикӏине малъулеб бугин абун, щалали лъаларел гӏадамазухъе цӏализе хьвадулаан гьей, гӏемераб гӏарацги хвезабун. Нижеца бицунелъухъги гӏинтӏамулеб гьечӏо гьелъ.\nРосасдагицин лъачӏого, кинабго месед бичана гьелъ, тренингазде хьвадизе гӏарац хӏажалъидал. Щибаб тренингалъул багьаги 10-20 азарго гъурущ бугин абула. 15-ялдаса цӏикӏкӏун батила гьелъул тренингалде хьваданин абун кьолеб свидетельствоги.\nДурго цӏалуда рекъараб махщелги тӏаса бищун щай чӏоларейин абидалги, жиндие школалъул директорасдаги цогидал нухмалъулездаги цее хӏалтӏизе бакьан гурин абула. Жийго жиндиего хважаинлъун йикӏине бокьун бугин чӏана гьей. Бокьани яхъун хӏалтӏуде ун, бокьани рокъойго чӏезе рес букӏунин, жиндирго бизнес рагьаниян абулаан гьелъ. Гьале гьанже мурадалде щвана гьей — жиндие бокьани хӏалтӏудаго чӏола, бокьани къаси сордо бащалъараб мехалда щола рокъое. Школалда хӏалтӏулеб мехалъ, радал унаан хӏалтӏуде, бакъанида тӏадюссунаан, жиндирго лъималги ясли-ахалдаса рокъоре рачун.\nГьанже лъималги цин хьвадула ясли-ахалде, хадуб цо моцӏица рехун тола. Гьел нахъе рачине инецин заман гьечӏелъул гьанже Аидал. Цо щибалиго проект гӏуцӏулейин йикӏуна, гьелъул щибго кколаро, хадуб цойги байбихьула. Мадугьалзабазда цеегӏаги нечечӏого йикӏунаан дун, радал хӏалтӏуде ун, бакъанида тӏадюссун ячӏуней яс йихьидал. Гьанжеян абуни, яс кий хӏалтӏулей йигейан гьикъани, кинан жаваб кьелебалиго лъаларо. Дида бичӏчӏуларелъул гьелъул коучингги тренингалги. Харж кигӏан щолебан цӏехезеги гьелъие бокьуларо.\nЦин дармиде яна гьей, йичарухъанги тукатӏа тун. Гьелъул жо ккечӏо, гӏарац хвей гуреб. Хадуб, кинабалиго телевидение гӏуцӏизе бугин абун эбелалъулаб капиталалъухъ щвараб гӏарцуде видео-камераби ва цогидаб къайи босун батана гьелъ. Гӏемераб гӏарацги харж гьабун шагьар бакьулъ кӏудияб залги ккун букӏана гьелъ. Ургъичӏого тӏамурабщинаб галухъ гӏемераб гӏарац кьезе ккараб гьелъ. Гьале гьанжеги, цо кабинетги рагьун, гьениб жаниб лъезе хирияб къайиги босун буго гьелъ. Гьабун цебе унеб хӏалтӏиги гьечӏо. Эбелалъ квешаб гӏакълу малъуларин, те гьеб пайда гьечӏеб пишаян абуниги, дунги сан гьайичӏого кӏудияб, гӏарац гьабизе лъугьун йиго гьей», — абун бицана Гӏайшат-адаца.\nЦӏияб баккарабщинаб пишаги кида-къадги пайда кьолеблъун букӏинеб батила, амма хъизан- лъималги кӏочон тун бечелъиялда ва цӏар-реццалда хадуй лъугьин чӏужугӏаданалда рекъолеб гьечӏо. Инстаграмалдаса берцинго ва бечедго бихьулеб гӏумруги кидаго гуро талихӏаб батулеб. Жидерго лъималги эбел-эменги кӏвар гьечӏого тун, чияда гӏумру гьабизе малъизе рекъон бугодай?"}
{"slug": "9256-barkala-tokhturzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9256-barkala-tokhturzabi", "title": "Баркала, тохтурзаби", "date": "2020-08-18 17:51:17", "categories": ["pismo"], "text": "Грециялъул философ Сократил руго судиясе, мугӏалимасе ва тохтурасе Бетӏергьанас гьунар кьолин цогидаздаса тӏокӏ гьарун абун. Гьединги батила, медицинаялъул хӏалтӏухъанас кибго цо хасаб, цогидаздаса дагьаб тӏокӏборчӏараб бакӏ ккола. Гӏиллаго гьечӏого букӏинищха гьел махщалилазе дагьалго гӏатӏидал ресалги нухалги кьун ругел, гьел лъидасаго мустахӏикъал руго рецц—бакъалъегун цӏаруе. Гьеб нилъеда иргадулаб нухалъги бихьана, исана сон байбихьаралдаса нахъе коронавирусалде данде лъазабураб рагъулаб фронталъул битӏахъегоял гӏахьалчагӏи-медицинаялъул хӏалтӏухъабаз бихьизабураб къохӏехьеялъулъ. Китаялда баккараб гьелъ тӏираби щвезаричӏеб бакӏ дунялалда хутӏун батиларо. Нилъеда гьеб бихьана цохӏо телевизор—интернеталдасан гуреб, щивасул рагьде—рокъобе бачӏунги. Хутӏун батиларо районалда рокъосел унтичӏеб хъизан, кигӏанго бокьичӏониги, камичӏо Аллагьасул къадаралде щваралги. Аллагьасул талихӏалъ, республикаялъул цо—цо шагьарал—районазда гӏадин, нижехъ гӏемер чи хвечӏо, бугониги, хвалил кьогӏлъигун рухӏалил бухӏи цо—цо хъизамазда хъинтӏана.\nАллагьасул хӏукму гьечӏеб щибго гьечӏо, амма Бетӏергьанасги гӏамал гьабейин абун бугелъулха… Гьабичӏо гӏамал, тӏоцебе дица, хадуб цогидаз ва нилъеда бихьана лъугьа-тараб, сверухълъиялда ккараб. Жакъа бокьун гьечӏо бадибчӏвай гьабизе унтаразе, гьелъул гӏаксалда, кӏванагӏан кӏудияб рецц-бакъ гьабизе бокьун буго райбольницаялъул хӏалтӏухъабазе, бетӏерав тохтурасдаса бахъараб гӏадатияй санитаркаялде щвезегӏан.\nКъаси-къад балагьичӏого, хӏалтӏана тохтурзабигун медсестраби ва санитаркаби. Дун ячӏиналде, больницаялъул хас гьарурал отделениязда вукӏана гӏаммаб куцалъ 45-50 чи. Аллагьасе рецц, кислородалъ хӏебтӏарал гьезда гъорлъ вукӏинчӏо ва тӏубараб моцӏалъ гьелде хӏажатав унтаравги ккечӏо, гьелъул гӏаксалда, сахлъун нахъ риччалезул къадар къойидасан къойиде цӏикӏкӏунеб букӏана. Амма щиб хӏал дун гьение ккелалде цо анцӏго-анцӏила щуго къоялъги букӏарабали бицунеб букӏана отделениялъул жанахӏалъур щибаб палатаялъул нуцӏил кӏалтӏа эхетарал кислородалъул баллоназ. Баркала Ахӏяд Хӏасбулаевич, Ризван Мухӏамадович, Ахӏмад Ахӏмадович, Мухӏамад Гӏисматулаевич ва Ильяс Юсупович, нужеда аскӏор эхетарал медсестраби Узлипат, Патӏиматал (Хӏайбулаева, Гъазиева, Мухӏамадова), Загьра, Мадинатал (Бадрудиновагун Зиявдинова), Сойбат, Басират, Париза, Оксана, лаборантка Саида, санитаркаби Патӏимат, Шагьрузат, Гӏайшат, Аминат, коронавирусалъул бищун захӏматаб тӏоцебесеб кьаби нужеда тӏаде ккарал жакъасел къоязул багьадурзаби, бахӏарзал. Кида кӏоченел нужеда ругьун гьечӏел тӏадкъарал цӏоробераз би баккиледухъ хъасарал нужер мегӏерал ва чӏегӏер гьарурал гьурмал, анлъгоги, микьгоги, анцӏила кӏигоги сагӏаталъ хисизе, тӏаса рахъизе рес гьечӏел вабаалъул унтабаздаса цӏуни мурадалда ретӏарал санагӏат гьечӏел комбинезонал, кӏиго-лъабго размералъ кӏудиял рукӏиналъ рехъерхъулел рукӏарал резинадул калошал, «хвасар гьаре ниж», — илан чара бухӏун жидеца абулел унтаразул берал, ракӏал гъанцӏулеб гьезул чорхол хӏал, зигарди, угьди, чӏей гьечӏого, конвеералда гӏадин, жанирегун къватӏире раччулелго раччулел кислородалъул бакӏал баллоназул дваргъи-хъуй.\nГӏемераб жо хутӏила абадиялъго нужер ракӏазулъ: кинаб хӏинкъигун тӏоцебесеб къоялъ тӏоцебесеб дежурство гьабизе хас гьарурал отделениябазде арал, унтаразул чорхол хӏал бихьун, гьезда гурхӏиялъ чанги гӏолохъанай медсестраялъул букӏараб рекӏел хӏал, гьебго рихха-хочиялъ лъавудаса ине дагьалъ хутӏарал унтарал, 15-20 къоялъ хисизе чи гьечӏого цохӏо живго хӏалтӏарав Мухӏамад, 12-15 сагӏаталъ гӏодор чӏезе щвечӏого хӏалтӏарал Ахӏмадгун Ризван. Дагьабниги мадар ккарал рихьун, нужер букӏараб рохел, унтул хӏал бергьаразде тӏаде къулун ургъалил пикрабалъ рорчӏарал сардал, чӏей гьечӏого унтаразул гӏадлуялда рукӏарал санитаркаби. Кида гьеб кинабго кӏочонеб?! Букӏана щивасул рекӏелъ бахчараб хӏинкъиги, нижго унтиладай, хъизан-лъималазухъе тӏаде руссинадай абураб. Узухъда, гӏумру хирияб жо буго, амма нужеца цо секундалъги хӏал лъазе течӏо цадахъ хӏалтӏулездагун унтаразда ва нужерго смена лъугӏидал, хадусеб сменаялъулалгунги хӏалтӏулаан, гьезие кумек гьабулаго.\nБихьулареб унти гӏемер захӏматаб букӏиналда киналго разилъана, даруги бахун, катанги къан, нилъеда бихьун сахлъулеб ругъуналдаса. Гьедин ссудулел унтаразул ракӏазе ракӏ батулеб рагӏи абизеги, хвалил квачӏикь ругезе ясин цӏализеги, щивасухъе щвезеги, чанго нухалъ щуцӏулги анкьцӏулги цого унтарасухъе рекерун, хӏажалъи ккани, сагӏтаз гьединазда аскӏор рахъун чӏей — Аллагьас кӏодо гьареги нуж, кири- даража цӏикӏкӏинабеги, рахӏат-макьу кӏочон тун, гьабураб хъулухъалъухъ. Нужеда цо лахӏзаталъниги кӏочон течӏо унтаразда цебе бугеб нужерго борч, дур пиша-хӏукмуялда гьесул сахлъи ва гӏумру бараб букӏин, цебе чӏезабулеб букӏун батила сахлъун къватӏире унезул гьурмаздагун беразулъ бугеб рохалилгун талихӏалъул кунчӏи.\nХасаб баркала нужее гӏужда щвараб кумекалъ инсанасул гӏумру хвасарлъулеблъи рекӏелъан ине течӏел «кислородалъул удаман» Мухӏамад Гӏисаев, Мухӏамадзагьид, Хӏайбулагь ва Супян, унтаразул ахирисеб божилъи нужеда лъурал фельдшерал Гъазиявдибир, — ва дежурниял тохтурзаби Мухӏамад Мухӏамадкеримов, Мухӏамад Хӏабибов. Унтул байбихьуда нужеца лъураб диагнозалъул унтарав хадусел тадбиразде хӏадур гьавиялъулъ кӏвар кӏудияб буго сахгьариялъе. Гьелъ бихьизабула нужер махщалилаб цӏубай, гӏаданлъиялъул хасиятал ресси. Коронавирусалда хурхун лъазабураб карантиналъул заманалда, райбольницаялъул хӏалтӏул низам дагьабго хисаниги, гьеб низам кидаго гьедин букӏана. Хисичӏо гьеб карантиналъул заманалдаги участкаялъулай терапевт Мадинат Мухӏамадовалъегун медсестра Альбина Мухӏамадовалъе, рентгенологал Гъазидибириегун Патӏиматие. Къотӏи-чӏей гьечӏеб букӏана гьезул хӏалтӏи-къойил къогоги лъебергоги чи къабул гьавулаан гьез гьуърузул рентген бахъизе рачӏаразул, цӏикӏкӏун унтарал ритӏула больницаялде, дагьал мадар бугезе цогидалги тохтурзаби-специалисталг ахӏун, гьарулаан малъа-хъваял, бичӏчӏизабула кин-щиб гьабизе кколебали.\n…Цебеккун абухъе, ккана дунги, коронавирусалъул къорикье. Кӏиго анкьалъ гуреб, моцӏалъ халалъана дагьабго цӏа-кан бахиялдаса байбихьараб дир унтулгун тохтурзаби Мухӏамад Яхӏяевас, Айкат Мухӏамадовалъ, реаниматологал Ахӏядгун Ильясица, медсестраби Узлипатица, лъабайго Патӏиматица, Загьраца, Мадинатица, Хадижатица, гьабулеб рагъ. Отделениялда чӏезабун букӏараб рацӏцӏалъиялъухъ баркала санитаркаби Патӏиматие, Шагьрузатие, Гӏайшатие, Хадижатие."}
{"slug": "9309-tiabigiat-sorona-giumru-giunana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9309-tiabigiat-sorona-giumru-giunana", "title": "Тӏабигӏат сорона, гӏумру гӏунана", "date": "2020-08-25 06:14:04", "categories": ["med"], "text": "Гьадин хъвана Хӏамзатил Расулица руччабазул хӏакъалъулъ. Щибха гьезул релълъараб бугеб – талихӏги талихӏкъосинги, магӏуги релъиги, рохелги къварилъги. Гӏумруялъул сариналги релълъарал руго гьезул. Тӏолабго дунялалъего захӏматал гьел моцӏаз, Патӏиматил угьдулеб саринги цолъана киналго руччабазул сарингун, лъалъалеб букӏана гьеб гӏаммаб магӏуялъ. Амма хӏал лъазе тезе рес букӏинчӏо Патӏиматил. Гьелъ хвасар гьабизе кколаан анцӏ-анцӏ лъимадул гӏумру. Къваридаб сариналъ къуват кьуна гьелъие. Гьелъул кумекалдалъун чанги эбелалъухъе тӏад руссана гьимиги гӏумруялде бугеб рокьиги. Гьаб заманалда бахӏарчилъилъун рикӏкӏине бегьулеб Патӏиматил гьеб иш бихьана больницаялъулги республикаялъулги нухмалъиялда. Гьелъиещвана «Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур» абураб цӏар. Газета-лъул коллективалъги баркула Патӏимат Гӏалиевалда тӏадегӏанаб цӏар.\nМугӏрул чӏужугӏаданалъул къвакӏиялъулги кьвариялъулги бицун, хъван дун свакаларо. Дие кидаго мисаллъун рукӏана, намусалда хӏур хъвазегӏан, хвел тӏаса бищарал Ахӏулгохӏалъул руччаби. Гьединал хӏикматал руччабазул ирсилаллъун ругел жакъасел магӏарул руччабаздасаги чӏухӏула дун. Ралагьея сверухъе – гьел руго киса-кирего. Хъизамалъул гъасда бакараб цӏа свине толарей гьелъул хӏакъалъулъ хъван свакачӏо шагӏирзабиги. Жидецаго жидеего бараб намусалъул сиялда жидерго къисматги бекӏкӏулаго, гьез гӏумруялда рахъулел руго гӏажаибго берцинал суратал. Гьединазул цояйги ккола Махӏачхъала шагьаралъул №1 лъималазул больницаялъул отделениялъул нухмалъулей Патӏимат Гӏалиева.\nГӏодана Патӏиматилги сарин\n— Щибаб къойил гӏедегӏун щолаан хӏалтӏуде. Дида лъалаан гьенир дихъ ралагьун чӏун рукӏин диде кӏудияб хьулгун гьитӏичазул улбул (Патӏиматица нухмалъи гьабулеб буго цӏакъго гӏисинал лъимал сах гьарулеб отделениялъе (грудное отделение). Диргоги цӏикӏкӏунаан гӏумруялде бугеб рокьи, гьелегьун бачӏунаан гьеб дихъе, сахлъарал гьитӏичазул гьими бихьараб мехалъ. Бабал карандаги хурхун, бакъул гьумер цӏураб лъимер бихьидал, киналго захӏмалъаби кӏочон тола дида. Гьедин букӏана гьеб къоялъги. Гьеб къоялъ лъималазулги улбузулги гьурмазда белъанхъулеб букӏараб талихӏалъул хьолбохъ рещтӏана жеги лъиданиги жиндир гӏамал-хасият лъалареб, гьитӏинал-кӏудиязда, херал- бахӏаразда жинца рахӏму гьабизе гьечӏеб вахӏшияб унти. Гьеб аскӏобе гӏагарлъизегӏан, ракӏ-ракӏалъ божулелги рукӏинчӏо. Амма хасалица тӏабигӏаталъулгун къо-мех лъикӏги гьабун, ихтияр ихалъухъе кьолеб, гӏадамазул ракӏазда ихдалил махӏ рекӏараб лахӏзаталда, кӏетӏана гьеб гӏумруялъул нуцӏида, — янги бицунаго, къварилъахъдана Патӏимат…\nГьел къояз гӏодана Патӏиматил саринги. Талихӏалъул гъасда хъаравуллъун букӏараб гьелъул угьдиялъухъ угьдана тӏолабго тӏабигӏатги.\nМоскваялдасан рачӏунел ругьелазги тӏадкъаязги бичӏчӏизабулеб букӏана унтиялда нахъе къазе ракӏалда гьечӏеблъи. Байбихьуда лъалеб букӏинчӏо унтарал лъималазул больницаялде рачӏине рукӏинги. Абулеб букӏана унтарал лъималазе гӏемеррахъазулаб больница хӏадурулеб бугилан. Ва цо къоялъ больницаялъул нухмалъиялда лъазабула унтарал лъимал къабул гьаризе хӏадуризе кколилан.\n1 апрель — 8 июнь. Гьелда гьоркьоб заман цӏакъго захӏматаб ва хӏалуцараб букӏана. Цогидал больницабаздаго гӏадин, гӏолел рукӏинчӏо тохтурзабазе хасаб партал, дараби, рагӏа-ракьанде щун лъалеб букӏинчӏо къобахъанагӏан «ццидахунеб» бугеб унтуда кинаб дандчӏвай гьабизе кколебали. Щайгурелъул гьелъ жиндирго гӏамалал къойил хисулел рукӏиндал.\nПатӏиматица рихьизарурал суратазул кумекалдалъун дида цебе чӏолеб букӏана доб вахӏшияб сипат. Ралагье цо параялъ нужги, хӏурматиял цӏалдолел, гьаб сураталъухъ. Гьалда берчӏварабго, цебе паркъезе лъугьуна Тӏадегӏанасул кумекалдалъун тохтурзабазул хъатикь жиндир хадусеб къисмат бугеб, тӏуркӏараб, гӏунун хутӏараб гӏумру.\nАмма тохтурзабазда ракӏалдецин ккечӏо нахъе къазе. Хъизан-лъималазде регӏичӏого, гьел тӏаделъана унтарал лъималазул гӏумруялда цӏияб рухӏ лъезе. Гьалеха унтарал лъимал. Гьездаго цадахъ унтана гьезул улбузул кечӏги. Хехаб къагӏидаялда хвасар гьабизе кколаан согӏаб унтуца согӏал ругънал лъураб эбелалъул кечӏ. Кӏиго лъимадул эбел, гьезулги лъималазул йокьулей дахӏабаба Патӏиматида лъалаан гьеб кечӏ цӏидасанги бохизе ккани, унтуда «зарал» рихьизе кколеблъи.\n— Огь, букӏараб бакӏлъиха каранлъги, рекӏеде тӏаде бегун бугеб бакӏаб гамачӏлъун букӏана нижее, больницаялъул хӏалтӏухъабазе, хвелалъ жиндихъа лъимер бахъун арай эбелалъул ахӏи. Аслияб къагӏидаялда унтулел, холел рукӏана чакрил унти (сахарный диабет) бугел лъимал. Хъизамалда ругелщинал унтарал хӏужабиги рукӏана. Масала, гьитӏинаб лъимерги унтун гьелда цадахъ ячӏарай эбел жийгоги унтана, лъимералъухъ хал гьабизе вачӏине ккана эмен. Цинги гьевги унтана гьенивго.\nГьанибго рехсечӏого гӏоларо больницаялъул бетӏерав тохтур Супиян Абакаровасул цӏарги. Гьесул жигарчилъиялъул ва кӏудияб жавабчилъиялъул хӏасиллъун ккола унти къезабиги, — ян бицана Патӏиматица.\nЦӏидасан гьимана Патӏиматил кечӏ\nПатӏиматихъе иналде, цин дун телефоналъ кӏалъана гьелъухъе. Гьелъул гьаракь рагӏидал, дихъе цо гӏажаибаб рохелги бачӏана. Роцӏараб, бацӏцӏадаб, берцинаб гьаракьалъ гьелъ данде жаваб гьабидал, дир ракӏ рагьун ана. Йихьилалдего, цӏакъ рекӏее гӏурай Патӏиматил сипатги цебе чӏезабулеб букӏана дица. Гьаракьалда рекъон, гьей ятизе кколаан берцинай чӏужугӏадан. Дун мекъи ккечӏо — цее чӏезаюлей йикӏаралдасаги гьайбатай йигоан гьей хӏурулгӏин. Берцинаб гьурмада гьелчелеб бугеб гьайбатаб гьимигун гьелъ дандчӏвай гьабидал, бигьалъана дие гьелъулгун гара- чӏвари гьабизе.\nУнтул букӏараб ахӏвал-хӏалги цӏехон хадуб, гьелъ дие бицана жиндирго тохтурлъиялъул нухазул ва гьениб тараб щибаб хӏокӏалъул хӏакъалъулъ.\nПатӏимат Гӏалиева гьаюна ва гӏуна Советск районалъул Хӏебда росулъ. Гьей ккола Гьандихъ росулъа. 1981 соналда Хӏебда росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 1988 соналда Патӏиматица тӏокӏлъигун лъугӏизабуна институталъул педиатриялъулаб факультет. Гьенибго лъугӏизабуна интернатураги.\nХӏалтӏана республикаялъул лъималазул клиникияб больницаялда (многопрофильная больница).\n1990 соналъул февралалда хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул медобъединениялъул кӏиабилеб отделениялде тохтурлъун. Гьебго соналъул сентябралда хӏалтӏизе лъугьана гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йигеб больницаялде гьебго отделениялде. 2011 соналъул апрелалдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго 60 унтарасе бакӏ бугеб отделениялъе.\nЛъугӏана Патӏиматилгун букӏараб гара-чӏвари. Биччанте гьелъул гьурмада кидаго къираллъун гьими букӏине. Гьелъул талихӏалъул сариназухъе кьурдулел гьитӏичазул улбузул бакъулаб кечӏгун цадахъ нахъа толел ругел гӏумруялъул шагьрабазда ва сухъмахъазда къалъаги даимаб нур.\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги баркула Патӏимат Гӏалиевалда, коронавирусалде данде къеркьолаго, рихьизарурал хӏасилазухъ ва лъималазухъе тӏадбуссинабураб гӏумруялъул бакъалъухъ гьелъие щвараб шапакъат. Гьей яхъана Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтурлъун. Жегиги чӏахӏиял бергьенлъаби дуе, магӏарулай!"}
{"slug": "9310-l-ayal-ul-k-ogi-onlajn-k-agiidayal-ishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9310-l-ayal-ul-k-ogi-onlajn-k-agiidayal-ishch", "title": "Лъаялъул къоги онлайн къагӏидаялъищ?", "date": "2020-08-25 07:00:59", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "1 сентябралда республикаялъул киналго школал рагьизе руго щибниги хис-баси гьечӏогоян лъазабуна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ гьал къоязда. Байрамкъоялъул дандеруссиналги цогидаб гьабулебщинабги гӏадатияб куцалъ тӏобитӏизе буго, амма Роспотребнадзоралъул тӏалабалги цӏунун.\nКоронавирус тӏибитӏиялъул хӏин-къи бугеблъиги хӏисабалде босун ва РФялъул президентасул тӏадкъаялда рекъон, Роспотребнадзоралъ тасдикъ гьаруна лъай кьеялъул идарабазда цӏали гӏуцӏиялъул рахъалъ цӏиял тӏалабал, ай санитариял нормаби.\nТӏоцебесеб сентябралде школазда ва вузаздагун колледжазда гьабизе ккола «генералияб уборка». Цӏалул идараялде жанире лъугьиналде щибаб къоялъ борцине ккола дарсазде рачӏунел цӏалдохъабазул температура. Цӏа-кан бахун батани, цӏалдохъаби школалде риччазе бегьуларо. Школалъул кӏалтӏа цого заманалда гӏемер чи вакӏарунгутӏиялъул мурадалда рагьухъего рукӏине ккола школалъул минаялда жанире лъугьунел киналго нуцӏби (гьайгьай, щибаб нуцӏихъ эхетизе ккола температура борцунел чагӏиги).\nНижеца цебеккунги хъван букӏана Роспотребнадзоралъул киналго тӏалабазул хӏакъалъулъ. 12 августалда РФялъул регионазде битӏараб Роспотребнадзоралъул кагътида рекъон, цо дагьалъ хисизарун руго гьел. Масала, щивав цӏалдохъанас маска ххезе кколаро – гьелда бан хӏукму гьабизе ккола цӏалдохъабазул эбел-инсуца. Амма богорукъалъул хӏалтӏухъабазда тӏадаб буго маскабигун квердаххелал разе. Маска базе ккола учительзабазги. Жиб-жиб классалъе киналго дарсал кьезе руго цого кабинеталда, амма дарсида хасал алатал хӏажалъулел ругони, гьел рачине бегьула алатал ругеб кабинеталде. Масала, химиялъул, биологиялъул, физикаялъул дарсазда опытал гьарулел ругони, гьел дарсал кьезе руго хасал кабинетазда.\nГьукъун буго классазда ва школазда гьоркьосел цадахъал тадбирал тӏоритӏизе. Гьукъун буго 2020 соналъул ахиралде щвезегӏан гӏемер чи гӏахьаллъулел тадбирал гӏуцӏизеги. Масала, Лъаялъул къо тӏобитӏизе ккола щибаб классалъ батӏаго ва азбаралда яги майданалда. Гьелъул гӏахьалчагӏазда ран рукӏине ккола маскаби, хасго цӏалдохъабазул эбел-инсуда.\nДарсал байбихьизе ккола радал сагӏат микьгоялдаса хадуб. Факультативазул ва батӏи-батӏиял предметиял кружоказул дарсал кьезе руго каникулазул заманалда яги гьатӏанкъояздагун байрамкъоязда.\nРехсараб кагътил ахиралда хъван буго: «Эпидемияб ахӏвал-хӏал хӏалуцани, рикӏкӏадасан цӏали гӏуцӏиялъе ресал ратизе ккола», — ян абун."}
{"slug": "9312-nil-go-nil-etsago-tsiunize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9312-nil-go-nil-etsago-tsiunize-kkola", "title": "«Нилъго нилъецаго цӏунизе ккола»", "date": "2020-08-25 07:07:37", "categories": ["insan"], "text": "Коронавирус — балагьаб унти\nМарталдаса нахъе республикаялда пандемиялъ унтаразул къадар 10000-ялдаса тӏаде ана. Унтул кӏиабилеб карачел гьулчун бачӏинадай-бачӏинародай абураб суалалъ рахӏатхвезабун буго гӏадамазул.\nГьеб рахъалъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Гӏабдула Хӏажиевасулгун.\nЧӏванкъотӏи гьечӏеб мехалъ цӏикӏкӏуна щакдарабиги\n— Тахшагьаралъул 1-себ больница-ги, республикаялъул инфекциялъулаб ва 2-аб. клиникаялъул больницаги (ветераназул госпиталь) цӏун руго унтаразул. Ахӏвал-хӏал къо бахъанагӏан хӏалуцине рес буго, гьединлъидал кӏванагӏан цӏодорлъи гьабеян, гӏадамазда бичӏчӏизабизе мурадгун вачӏана дун нужехъе, — ян байбихьана Гӏабдула Набиевичас.\n— Цӏар-цӏарккун рехсечӏониги, унтарал жаниса камураб цониги больница гьечӏо жакъа Махӏачхъалаялда. Гьебго хӏал бугин абизе бегьула цогидал шагьараздаги. Гъизляралда маскабазул низам цӏикӏкӏинабуна, Гъизилюрталда, Хасавюрталда, Дербенталда. Цо-цо районаздаги унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гьединаздаса рехсезе бегьула Цӏумада ва Нугъай районал.\nАмма гӏадамазда рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏулеб гьечӏо унтул бугеб хӏакъикъат. Бичӏчӏизе толебги гьечӏо. Мисалалъе босилин, «Роспотребнадзоралъул» нухмалъиялъ гьабураб лъазаби гӏадаб жо буго интернеталда тӏибитӏизабун, гьелъухъ валагьун вукӏана дун. Цо чӏванкъотӏун гӏадамазул суалал раккулареб хӏалалда бицунеб гьечӏоанха гьениб жидеего абизе бокьараб жо. Халкъалда бичӏчӏулеб хӏалалъ бицунебги гьечӏо, гьелдаго цадахъ халкъалде гӏайибги гьабулеб буго, унтудаса цӏуна-къай гьабулеб гьечӏин абун.\nДие абизе бокьараб жо буго, гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьабуниги, гьелъул кӏиабилеб, лъабабилеб бутӏа байбихьаниги бихьичӏониги, гьабсагӏат бугеб ахӏвал-хӏалалдаса чучлъизе биччачӏого, жидеего цӏодорлъи гьабун рукӏине ккела гӏадамал. Гьеб буго дир аслияб мурад.\nЖакъа «Роспотребнадзоралъ» гьабураб хӏалтӏуе къимат кьезе кколев чи дун гуро, амма ракӏ-ракӏалъ абуни гьезул жигарчилъиялда разиявги гьечӏо. Мисалалъе, гьал къоязда къватӏибе бачӏана республикаялда унтаразул къадар 10 000 чиясдаса тӏаде анин абун баян. Амма гьеб къадар буго марталдаса нахъе унтаразул гӏамм гьабун данде босараб тарих. Ахираб анкьида чан чи унтарав, чан сахлъарав, хварав, щиб районалда, щиб росулъ бищун гӏемер унтарал ругел, хӏинкъи бугеб хӏалалъ иш щиб мухъалда бугебали щай гьез мухӏканго баян къватӏибе кьолареб?\nГьез дагӏба балеб жо буго гӏадамаз жидеего цӏуна-къай гьабулеб гьечӏилан. Кин гӏадамаз гьеб гьабилеб, тӏадехун ругез жидецагоги гьелъие ресал дагь гьарулел ругеб мехалъ? Бертабазул рукъзалги рагьани, унтудаса цӏуна-къай гьечӏого гӏадамаз хӏажатго гьечӏого дандеруссиналгги гьарулел ругони, кин гьел шартӏал цӏунулел гӏадамаз? Цояздаса цоял чӏахӏиял бертабазул рукъзал руго Махӏачхъалаялда. Гьа, гьенив берталъе арав чи метргун бащдаб манзилги цӏунун, гьурмада маскаги ххун чӏезе вугищ столалда нахъа, цояв чӏаниги, кӏиабилев, лъабабилев чӏолищ? Гьединго цо чияс кверазде спирт гьоркьоб бугеб лъим пунхъани, цоясул кверги бачун хадуб, кӏиабилесул бачиналде цебе речӏчӏизабизе бугищ гьес гьебго лъамалъи, чан чи берталъе вачӏуневали хӏисабалде босанищ гьез? Гьединал мисалал рукӏаго, кинаб цӏуна-къаялъулха бицунеб?\nЦӏар кинаб лъуниги, добго буго мун\n— Къо гьоркьоб къо бахъун гӏадин бицунеб буго унтул кӏиабилеб карачелги тӏаде щвезе бугилан. Амма гьелдаго цадахъ цӏалул цӏияб соналде школал хӏалтӏизе риччазе рукӏиналъул бицана, республикаялъул Лъай кьеялъул нухмалъиялъ данделъиги ахӏун. Гьединго хӏукуматалъул идарабиги чӏара-хьараб низамалда хӏалтӏулеб къагӏидаялде нахъруссунел руго…\n— Кӏиабилеб бутӏаялъухъ ралагьун чӏун руго нилъ, амма гьабсагӏат бугелда цӏар щибха кколеб? 1000 чи унтун вугони цохӏо шагьаралда, гьелда цӏар «кӏиабилеб карачел» абун лъуниги щиб, тӏоцебеселъул хутӏелилан лъуниги щиб, гӏадамал унтун руго. Амма дида лъалеб жо буго цо. Гӏадлу-низам кьваризабичӏони, гьабсагӏат бугелдаса ишги бичча-бихъан танани, школал къаялде бачӏинаха иш. Гьедин ккечӏого букӏине киналго ресал руго, гьеб ресалдаса пайда босизе ккола нилъер щивас. Ахӏвал-хӏал чучлъизе биччачӏого, берцинго тохтурзабаз малъарабги гьабун ругони иш лъикӏ букӏина.\n— Республикаялда унти тӏибитӏаралдаса гьале щуябго моцӏ сверулеб буго. Цебеккун букӏаралъул хӏисабги гьабун, додинаб рескъотӏараб хӏал ккечӏого букӏине гьаб нухалъ унтуда дандечӏей гьабизе ресал кинал рихьулел дуда?\n— Ресал руго. Тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамал жиндир заманалда тохтурасухъе унел ругони. Гьури чӏван, мегӏер чвахун, гӏадатияб гриппалъул рукӏунел гӏаламатал загьирлъаралго, жинде къватӏул унти щун бугин, гьеб хӏинкъи бугеб жо гурин чӏечӏого, тохтурасухъе ине тадбир гьабулеб бугони чияс, унтаразул къадар дагьлъизе буго.\nКӏиабизе босани, доб мехалъ гӏадин гуреб, тохтурзабазе гьанже гьеб унтуда дандечӏезе хӏалбихьи щун буго. Щивав тохтурасул гьеб унтудаса цӏунизе жиндирго хасаб сурсат букӏинчӏо, гьеб гуребги, гьезда мекъи бихьизе абулеб мех гуро, гӏемерисел тохтурзаби жалго рихха-хочун лъугьана гьеб гӏузруялда цере. Гьелъги ахӏвал-хӏал бигъинабуна. Гӏемерал тохтурзаби жалго унтана, чангиял хвана. Гьанже рагӏулеб гьечӏогури цониги тохтур унтанилан. Щай абуни, дару-сабабги, хӏажатаб къайи-цӏаги буго, анлъго моцӏалъ букӏараб хӏалуциналъ кьураб дарсги хутӏана.\nЦоги гьадинаб жоги буго дир кӏвар буссинабизе бокьараб. Цевеккун гьаб гӏузруялъ унтарав чиясул гьабсагӏат щиб хӏал бугебали цӏех-рех гьабулеб бугищ-гьечӏищали суалги буго рагьараблъун хутӏун. Гьев живго тохтурасухъе вачӏинегӏан чӏечӏого, рокъо-рокъоре хьвадунги гьесул сахлъиялда хадуб халкквей букӏине ккела. Коронавирусалъ унтарав чиясе хадубккунги чанги кӏвекӏенал гьаризе рес буго гьелъ. Босилин, гьесул цоги гӏузру букӏун батани, мисалалъе, чакаралъул диабет яги тӏул унти. Дагьабго заманалдасан гьесулъ унти кӏиабизе багъаризе бегьула. Гьединлъидал: «Цо нухалъ унтун вукӏана, тӏокӏалъ гьесде гьеб гӏузру щоларо», — абун ракӏги парахат гьабун чӏечӏого, гӏага-божаразулги букӏине ккола гьесда хадуб хал кквей. Участкаялъул больницаялъул, поликлиникаялъул хӏалтӏухъабазги тӏаса квер босун тезе бегьиларо гьединал гӏадамал.\nВакцина гьоркьоб ккун, зулму гьабуге\n— Коронавирусалде данде дунялалда тӏадго тӏоцебе вакцина бахъана нилъер хӏукуматалъ. Гьелда тӏад гьарурал хӏалбихьиязги лъикӏаб хӏасил кьунин абулеб буго. Кин бугониги, гьелдехун халкъалъул божилъи гӏолеб гьечӏолъи бихьулеб буго. Жалго лъикӏал рахъун чорхолъе гьеб биччазе разилъиларилан абулел чагӏи гӏемерал руго.\n— Жибго вакцинаялъе къимат кьезе дун лъугьинаро, дун гьелъул агьлу гуро. Гьелъие къимат кьезе батӏияб хасаб лъайги хӏалбихьиги хӏажалъула. Амма гӏадамазул бугеб рахӏатхвей дида бичӏчӏула. Гьезул щакдараби щай цӏикӏкӏунел ругел? Медицинаялъул гӏалимзабазул жидерго гьечӏо цо ккураб пикру. Мисалалъе, цӏех-рехал гьарулеб цо пуланаб медицинаялъул институталда абулеб буго вакцина гьедин къокъаб заманалда жаниб хӏадур гьабуларин, гьелъие лъикӏ хӏадурлъизе кколилан. Цогидал рохун руго къокъаб заманалда Россиялда кӏванин вакцина къватӏибе биччазе, гьеб лъикӏ бугилан. Лъабабилез абуни хъвалеб буго гьеб хӏадур гьабулаго гӏиси-бикъинал ругониги, хӏалбихьиялъул заманалда, 30-40-ниги хиса-басиял кканин абун. Гьеб баян дуцаги цӏалана, дидаги бихьана, хутӏаразги гьелдаса пайда босичӏого батилищ? Гӏиси-бикъинал ругониги, гьелги гъалатӏаллъидал кколел, гӏадамазул гьелъ рахӏат хвезабичӏого букӏинищ?\nГьединлъидал хӏажат буго цо маслигӏат. Цояс гьадин бицун, дос адин бицун, гӏадамазул бетӏер биххизабичӏого, киналго дандеги ракӏарун цо пикруялде рачӏине.\n— Гьеб вакцина чара гьечӏого гьабизе кколин абулел чагӏиги руго. Нагагь гьеб жидеего гьабизе гӏадамаз биччачӏони, гьезие харжал кьезе гьечӏин, штатал къокъ гьаризе ругин, хӏинкъаби кьолел ругин абурал харбалги рагӏула.\n— Дидаги рагӏана гьелго харбал. Амма гьеб битӏун гьечӏоха. Чиясда тӏад зулму гьаби ккола гьеб. Батӏияб жо буго чиясда берцинго бичӏчӏизабулеб бугони. Мисалалъе, отпускалдаса вачӏунев хӏалтӏухъан ватани, гьесда абулебги бугони: «Мун сахго вукӏин тасдикъ гьабулеб кагъатги босун вачӏа поликлиникаялдаса», — ян, гьеб батӏияб иш буго. Амма вакцина гьабичӏони, дуе хӏалтӏулъ кӏвекӏенал гьаризе ругин хӏинкъаби кьун, гьелдацин течӏого гьев хӏалтӏудаса ватӏа гьави буго чиясда тӏад зулму гьаби. Дун гьелда тӏад рекъоларо.\n— Кин букӏаниги, Гӏабдула, щуго моцӏалъ цебе букӏараб хӏалкъайги, кӏудияб рахӏатхвейги гьечӏого, «кӏиабилеб карачел» бачӏаниги, дагьаб бигьаго гьелъул бакӏлъи борхизе кӏолилан кколищ дуда?\n— Кутакалда кӏола. Амма цӏуна-къай гьабизе гӏадамазда лъанани. Мисалалъе, щиб хӏажалъи букӏараб жакъа киса-кирего бертабазул рукъзал рагьизе? Гьел рагьичӏого хутӏани, гӏадамазе кколеб къварилъийищ бугеб? Гьединго тагӏзияталги, магӏирукъзалги щай дагьабги мехалъ къан течӏел? Шагьаралда жанир хьвадулел маршруткабиги руго жаниса хӏурул цӏун. Хӏуруда цадахълъидал кинабго инфекция букӏунеб. Гьелда релълъарал цогидалги мисалал руго унти тӏибитӏиялъе квербакъулел. Гьединлъидал, цоги нухалъ абуниги, жалго гӏадамазда бараб буго парахалъиги лъикӏлъиги. Гьабсагӏат бугелдаса иш чучлъизе биччани, иш квешаб бакӏалде бачӏунеблъи гьезда бичӏчӏизе ккола. Тӏад ругезул буюрухъаздеги, малъа-хъваяздеги мугъчӏвай гьабун чӏечӏого, щивав чияс жиндасаго байбихьун гьабе цӏодорлъи. Гьеб мехалда кӏвезе буго нилъеда гӏузру нахъе бачахъизе."}
{"slug": "9315-bajbikhuleze-mal-a-kh-vayal-khialtiuleze-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9315-bajbikhuleze-mal-a-kh-vayal-khialtiuleze-kumek", "title": "Байбихьулезе – малъа-хъваял, хӏалтӏулезе – кумек", "date": "2020-08-25 07:42:07", "categories": ["obshestvo"], "text": "Европаялъул церетӏурал пачалихъазул экономиказда гьоркьохъеб бизнесалъ кколеб батани 60-70 процент, Россиялда гьеб 20-ялдаса тӏаде унаро. Гьелъул даража эхеде арабгӏан, «гьоркьохъеб классалъул» къадар цӏикӏкӏарабгӏан бокьараб пачалихъалъул экономикиябгун социалияб гӏумруялъул кьучӏ щулияб букӏинги гьаб заманалда лъиениги балъголъи гуро. Дагъистаналъул предпринимательствоялъул (гьитӏинаб ва гьоркьохъеб) цо-цо хаслъабазул ва пачалихъалъул рахъалъ гьелъие гьабулеб кумекалъул нижеца гьикъана предпринимательствоялъе квербакъулеб Централъул специалист, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Гӏабдулаев Махӏачида.\n— Махӏач, кинал масъалаби тӏуралел нужер Централъ, кинаб хӏалтӏи нужехъе кколеб?\n— Нижер учредительлъун ккола предпринимательствоялъулгун инвестициязулаб Агентство ва гьеб гӏуцӏун букӏана 2015 соналда.\nФондалъул буго ункъо отдел:\n— Инжинирингалъул регионалияб центр;\n— Предпринимательствооялъе квербакъулеб центр;\n— Халкъиял художественниял промыслабазул центр;\n— Экспорталъе квербакъулеб центр.\n— Инжинирингалъул регионалияб централъ лъазарула гьитӏинал ва гьоркьохъел предприятиязул ругел ресал-сурсатал, ралагьула гьел церетӏеялъе ругел нухал, загьир гьарула гьезул масъалаби ва квербакъула гьел тӏураялъе; предприятиязул хӏалтӏи цӏигьабиялъе, гьенир цӏиял технологиял хӏалтӏизе риччаялъе гӏуцӏула хасал программаби, бизнес-планал.\n— Предпринимательствоялъе квербакъулеб централъ тӏоритӏула лъай кьеялъул, малъа-хъваялъул батӏи-батӏиял тадбирал; гӏуцӏула экономикаялъул гӏемерал рахъал гьоркьоре росарал форумал, конференциял, гургинал столал; ралагьула гьоркьохъеб бизнесалъул предприятиял ва бизнесчагӏи тӏолгороссиялъул ва халкъазда гьоркьосел ярмаркабазда, выставкабазда гӏахьаллъизе, гьезул къайи-цӏа гӏадамазда бихьизабизе, лъазабизе ресал.\n— Экспорталъе квербакъулеб централъ гьединал ресал ругел предприятиязе къватӏисел пачалихъазул мацӏазда гӏуцӏула цӏиял ялъуни цӏи гьарула ругел сайтал; лъазарула нилъер къайи-цӏаялъул рахъалъ цоги пачалихъазда ругел тӏалабал; квербакъула къватӏисел пачалихъазда нилъер интеллектуалияб буголъи цӏуниялъе, хасал патентал щвеялъе; гӏуцӏула ва нухда рачуна, регионазда гьоркьор ругел ва халкъазда гьоркьосел бизнес-сапарал, бизнес-данделъаби.\n— Халкъиял художественниял промыслабазул централъ кумек гьабула нилъер халкъиял промыслабазул тӏагӏелал Россиялъул ва халкъазда гьоркьосел выставкабазда цере росиялъе, гӏахьалчагӏазда гьел рихьизариялъе; квербакъула гьединал тӏагӏелал электрониял дармилал майданазда лъеялъе; лъазарула цоги регионазда гьел ричизе ругел ресал, чӏезарула гьезда рекъарал шартӏал.\n— Нужехъ ругел баяназда рекъон, нилъер кинаб продукциялъул тӏалаб бугеб цоги регионазда, къватӏисел пачалихъазда?\n— Аслияб куцалда гьел ккола кванил нигӏматал. Гуржиялде ва Азербайжаналде уна чӏагояб боцӏи, Ираналде гьан, пихъил цо-цо тайпа ва ччугӏа Азербайжаналде, босула нилъер минералияб лъим, пиринчӏ, цӏолбол нигӏматал.\n— Аслияб куцалда кинал предприятиял кумек гьарун нужехъе рачӏунел, гьезул къадар сонидаса сонида цӏикӏкӏунебищ бугеб, дагьлъулебищ?\n— Гьел киналго руго гьитӏинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул вакилзаби, гьезда гьоркьор руго цӏияб хӏалтӏи байбихьулелги, гӏезегӏан заманалъ хӏалтӏулел ругелги. Фондалъ тӏуралел масъалабиги, гьабулеб хъулухъги цӏикӏкӏунеб букӏиналъ, тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго нижехъе рачӏунезул къадарги.\n— Коронавирусалъ гӏемер хисизабунищ нужер хӏалтӏул низам?\n— Гьелъул хӏасилалда нижеда кӏвечӏо ва гьабсагӏаталдаги кӏоларо гӏемерал гӏадамал гӏахьаллъун гьаризе кколел тадбирал тӏоритӏизе. Хадуркун гьаризе тана хӏисабалде росун рукӏарал батӏи-батӏиял форумал, ярмаркаби, выставкаби. Хутӏараб хӏалтӏи унеб буго 2020 соналъул планалда рекъон.\n— Дурго росдал мисалалдалъун кин унеб бугин кколеб дуда гьоркьохъеб бизнесалъул хӏалтӏи магӏарухъ?\n— Лъалеб жо буго бизнесалъул хӏалтӏи, гьелъул цӏиял къагӏидаби аслияб куцалда цере инарулеблъи гӏолохъанаб гӏелалъ, гьелги росабиги тун шагьаразде унел руго. Гьединлъидал росабалъ бизнес цебетӏолеб гьечӏо, ахираб заманалда дагьабго цебетӏей буго туризмалъул."}
{"slug": "9317-sotsialiyal-ginal-galagab-gior", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9317-sotsialiyal-ginal-galagab-gior", "title": "Социалиял гьинал – «гьалагаб гӏор»", "date": "2020-08-25 08:10:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда социалиял гьиназда исламиял къокъабазде цо гӏолилас битӏун бачӏараб кагъаталъ нилъеда сверухъ бугеб жакъасеб къоялъул пикруго гьечӏеб хьвада-чӏвадиялда тӏад ургъизе тӏамуна. Гӏолилас хъвалеб бугоан жиндирго хварай яцалъул хӏакъалъулъ. Тохлъукьего ккараб балагьалдалъун хун йиго гьанжего-гьанже балугълъиялде яхарай яц. Гьес кагътида бицунеб бугоан, яцалъул «Тик-ток» абулеб социалияб гьиналда аккаунт (гьумер) букӏанин. «Яцалъул аккаунталда лъун руго цогидал гӏелбащадазго гӏадин рахъарал видео-роликал. Гьелъул кьурди-кечӏ ва цогидаб гӏантабщинаб жо бихьизабулел къокъалго видеоял Тик-токалдаса рацӏцӏине бокьун буго, амма нижехъа гьеб бажарулеб гьечӏо. Гьелъиеги бокьилароан букӏараб жий хун хадуса гьединаб «ирс» нахъе тезе. Социалиял гьиназда лъурал гӏантал роликазда йигей гӏадай, гьединаб сипаталда гӏадамазул рекӏелъ хутӏизеги бокьилароан букӏараб гьелъие», — ян бицунеб бугоан гӏолилас жидерго къварилъиялъул хӏакъалъулъ.\nГӏантавлъун хӏай ссиялда бугеб мех\nГӏедегӏун бачӏунеб гьалагаб гӏоралъ гӏадин жанире рачун унел руго цӏиял технологияз нилъер лъимал, бачӏунеб гӏел. Гьеб лъикӏищ – квешищали нилъ ургъизе яги кантӏизеги толел гьечӏо. Нилъер цо-цоял регӏулел гьечӏо лъималазе тарбия кьезе, гьединлъидал нилъер бакӏалда Интернеталъ куцалеб буго гьезул гӏамал-хасият. Нилъер лъималаз чияр халкъазул лъималаздаса мисал босулеб буго. Масала, бищунго цӏикӏкӏун 12-17 сон барал лъималаз хӏалтӏизабулеб Тик-ток яги Лайк абурал социалиял гьиназда аслияб къагӏидаялъ рахъула къокъал видео-роликал (15-30 секунд). Видео-роликал рахъулелъул гьумер-куцалда тӏад лъолел суратал ва гьелдаго релълъарал батӏи-батӏиял эффектал рукӏуна гьенир, жидеего рекъараб бакъанги бищизе бегьула. Цоцазда къец бан цӏиял кьурдаби яги сценкаби рахъула, куцги белъун музыкаги биччан кечӏ ахӏулеб ххвел гьабула. Цо-цо лъималазин абуни жидехъго ралагьулезул къадар цӏикӏкӏине гӏоло тукабазда къайиги гьурщун бан лъутула, жидерго гьалмагъзабазе нухда квалквал гьабун гьел гӏодор кколеб къагӏида ва гьелдаго релълъарал гӏанталщинал роликал рахъула. 15-20 сон барал гӏолилаз жидерго видео-роликал тӏаде гӏемерал гӏадамал цӏалеллъун лъугьине гӏоло я хъубаб мацӏ бицуна, яги учительзабазде хьандола, къайи-къоно хвезабула, тӏахьал рухӏула. Гӏолилазул ва лъималазулин рикӏкӏунеб Тик-ток социалияб гьиналда дунялалъулго лъималаз гьабун толебщинаб гӏантлъиги квешлъиги гьаниб бицун хӏалкӏвеларо. Видео-ролик гӏантаб лъугьанагӏан гьелъухъ ралагьулезул къадарги цӏикӏкӏунеб бугелъул, цогияз гьабураб гӏантлъи такрар гьабизеги гӏедегӏулел руго.\nРакӏалде ккезе бегьула лъимал расандунин кколеб жо щиб бугебан, амма гьелдасаги гӏантабщинаб гӏолилазги гьабулеб бихьидал битӏахъе ботӏрол рас бахъун чӏола. Гӏадамасул гӏумру цебетӏезелъун ургъарал технологиял ва Интернет сабаблъун нилъер бачӏунеб гӏел гӏакълуялъул рахъалъ нахъецин кколеб гьечӏодай?\nНахъе толеб «ирс» — пайдаяб лъикӏ\nТик-токалдаса пайда босулезда гьоркьор руго бусурбабазул лъималги. Ургъел ва пикруго гьечӏого, цогидал гӏолилазго гӏадин гӏантал ролалги хӏан, рахъун лъолел руго видео-роликал. Гьел гӏолилазда цо къоялъ хвезеги рес бугин, жал ракӏалде щвеялъе гьел гӏантал роликалги нахъе хутӏилин абураб пикру ракӏалде кколеб гьечӏо.\nГьеб суалалда тӏасан нилъер диниял гӏалимзабазги вагӏзаби гьарулел руго, метер бетӏергьанчи хвани нахъе хутӏулеб жоялъул хӏисаб гьабеян абун. Интернеталда цогӏаги сурат яги видео-ролик лъолелъул цин ургъизе кколел руго — тохлъукьего хвани нилъ яги гӏагарлъи нечезе ругодай абун. Доб дунялалда гьел подписчикал абурал гӏадамал лъиего хӏажат ругодай? Нилъеца гӏадада хвезабураб заманалъул нугӏзаллъун гурищ гьел кколел?!\nНилъеца доб дунялалде цадахъ босулеб жо буго – нилъеца гьабураб лъикӏлъи. Хун хадуса нилъго нечезарулеб жо халкъалдаго бихьулелъуб социалиял гьиназда лъун щай толеб? Нилъеегоги чидаеги пайда щолеб къагӏидаялъ социалиял гьинал хӏалтӏизарулел ругони, нилъ хун хадусаги букӏинарищ гьелъул баракат?!\nXХӀ гӏасру. Нилъер лъималазе, бачӏунеб гӏелалъе кьун буго цересел гӏасрабазда лъиего щвечӏеб ресги технологияз бигьа гьабураб гӏумруги. Рес буго дунялалъулго бокьараб адабият цӏализе. Интернет рагьани, ратизе руго дунялалъулго классиказул асарал, гӏелмияб, бизнесалъул, психологиялъул ва цогидабги адабият. Бокьараб пишаялде руссине рес буго, амма бокьулеб гьечӏо, регӏун гьечӏо. Щайха лъималазе цӏалиги, захӏматаб хӏалтӏиги къваригӏараб, блогер вугин абун гӏантал видео-роликалги рахъун гӏарац щолеб бугони…\nТик-ток – миллиард гӏолилазул руккел\nКигӏанго бокьичӏониги, нилъер гӏумрудулъ бакӏ кколеб буго батӏи-батӏиял социалиял гьиназ. Бекилалде бухьун лъикӏ бетӏерилан абухъего – кватӏун ккелалде, нилъерго лъималаз тӏаса рищулел социалиял гьиназда хадуб хал ккуни лъикӏ букӏинаан. Вехь цеве гьечӏони, гӏиги кьурса гъоркье унелъул. Соналдаса соналде гӏатӏилъулел социалиял гьиназул гӏантаб чваххиялде гъорлъе ине риччачӏого, Интернет-сурсатал пайдаялда хӏалтӏизаризе кколел руго нилъеца.\nТик-токалдаса пайда босулеб буго миллиардалдаса цӏикӏкӏун чияс. Байбихьуда гьеб социалияб гьиналда видео-роликал рахъулезул ригь 12-22 сон букӏана, гьанжейин абуни гьенир ратизе руго батӏи-батӏияб ригьалъул гӏадамалги, хӏатта жидерго гӏанталщинал гьунарал рихьизарулел чӏахӏияб ригьалъул гӏадамалцин. Лъималазулин абулеб социалияб гьиналдаса пайда босулезул къадар ункъабилеб бакӏалда буго. 2020 соналда Ватсапалдаса пайда босулеб буго 5 миллиард чияс, Фейсбук – 5 миллиард чияс, Инстаграм – миллиард чияс хӏалтӏизабулеб буго."}
{"slug": "9398-tiotsebeseb-sentyabr-mun-khialutsunge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9398-tiotsebeseb-sentyabr-mun-khialutsunge", "title": "Тӏоцебесеб сентябрь, мун хӏалуцунге", "date": "2020-08-31 08:13:09", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Цӏияб цӏалул соналда сверухъ рагъа-рашари ва улбузул рахӏатхвей\nИсана нилъер республикаялда школалде ине вуго 427000 цӏалдохъан. Гьезда гьоркьоса 55600 лъимер ине буго тӏоцебесеб классалде.\nУлбул хӏадурлъулел руго лъимал цӏияб цӏалул соналде ретӏа-къан, къваригӏарабщинабги босун, нухарегӏизе. Амма кӏиязулго, учительзабазулги эбел-инсулги, буго гӏаммаб рахӏатхвей. Коронавирус.\nГьеб киналдаго сверухъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабизе ният ккана нижер.\nЩибаб соналъ 1 сентябрь тӏаде щолелъул, эбел-инсул рахӏатги макьуги бикъараб суал буго лъимал цӏияб цӏалул соналде къачӏалаго дандчӏвалел захӏмалъабазда хурхараб.\nХӏатӏидаса бахъараб бетӏералде щвезегӏан, бахӏарал гӏадин, къачӏазе ккола гьез жидерго лъимал. Жакъа цо лъимер школалде хӏадуризе гъаримай эбелалъул унеб буго, гьоркьохъеб куцалда, 10000 гъурущ. Цӏикӏкӏун бугел бакӏалги ратила, амма гьеб ккола гьоркьохъеб тарих. Кӏигоялдаса цӏикӏкӏун лъимер бугеб хъизамазул унеб буго 20000 гъурущ. Нижеца цӏех-рех гьабураз бицана бищунго захӏмалъулин тӏоцебесеб классалде унеб лъимер къачӏазе.\nТӏоцебесеб иргаялда, гьелъие босизе ккола лъикӏаб, 3000 гъурщидаса гъоркье гьечӏеб портфель, хадур хьитал, тӏажу, гурде, ясазе — бантик, васазе — галстук, чӏегӏараб кьера- лъул костюм. Хӏасил-калам, хӏокӏ гӏадин къачӏала анкьго сон бараб лъимер. Гьевги чӏухӏун вукӏуна, кодоб понцӏораб шарги ккун, дунял- гӏалам жиндие гьимулеб гӏадин вукӏуна вохун 1 сентябралда школалъул азбаралъув эхетун.\nХадусеб иргаялда, хӏажалъула цӏалуе хӏажатаб къайи-цӏа: ручка- къаламалдаса байбихьун, тӏахьазде щвезегӏан. Амма тӏахьазул рахъалъ исана дагьаб бигьалъи бугин бицана улбуз. Щайин абуни, республикаялде 119000 цӏалул тӏехь бачӏиналъул баян кьун букӏана августалъул байбихьуда ДРялъул Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министерствоялъ. Амма цебеккун гьединаб хабар тӏибитӏизабун букӏаниги, Махӏачхъалаялъул цо-цо школазда тӏахьал кьолел гьечӏин ракӏхун бицана цо-цо эбел-инсуца.\nНоутбукго учузго чӏезехъин буго\nЦӏалуе хӏажатаб къайи-цӏа босулаго гӏага-шагарго 3000 гъурущ ун бугоан школалъул къайи-цӏа бичулеб тукада ятарай цо гӏаданалъул. Ретӏел-хьит босизе гьелъ харж гьабун буго 12000 гъурущ.\n«Тӏахьал, гъоркьисаго гӏадин, исанаги росизе ккечӏо. Гьеб рахъалъ дагьаб бигьалъи ккана. Бугониги, 15000 гъурущги дагьаб жо гурелъулха. Гьелъулни бицинароан, цо чӏара-хьараб низамалда школал хӏалтӏизе ратани. Пандемиялъул кӏиабилебги карачел бачӏине бугилан тӏиритӏизарулел харбаз рахӏат хвезабичӏого толеб гьечӏо дирги цогидал улбузулги. Гьеб къагӏидаялде иш бачӏани, гӏадада ккезехъин буго гьабулеб хӏадурлъи. Рокъосанго цӏалулеб низамалде рачӏунел ругони, гьабщинаб жо босулеб бакӏалда васасе ноутбукго босилаан дица. Гӏадада рокъоб шкафалъуб бан букӏине цӏияб ретӏел щиб гьабизеха босилеб?» — ан ургъел бикьана гьелъ.\nТӏоцебесеб классалде вас къачӏалел гӏолохъанал эбел-эменги ратана гьебго тукада. 3000 гъурщидаса гъоркье багьа гьечӏеб портфелазда гьоркьоса кинабдай босун лъикӏилан ургъулей йигоан эбел.\n«2000 гъурщиде хьитал, 1500 гъурщиде тӏажу, 2500 гъурщиде костюм, хъахӏаб гурде, галстук ва гьеб гуреб цогидабги — бищун дагьаб 10000 гъурущ инехъин буго ратӏлихъ», — илан бицана гьелъ.\n«Гьелда чӏечӏони», — ян, велъулаго, тӏаде жубана инсуцаги.\nДагьаб чӏахӏияб гӏелалъул лъимал жалго ругоан ручка-къаламалдаса байбихьун хӏажатаб цӏалул алат босулел.\nЦоязе щолел, цогидазе щоларел тӏахьал\nАмма махӏниги бигьаго гьечӏоан, рукъалъул бетӏергьанчиги камун, жиндаго тӏаде кинабго ургъел бегарал улбузе. Гьединазул цояй ккола Махӏачхъалаялдаса Райгьанат Мухӏамадрасулова.\n— Лъабго лъимадул эбел хӏисабалда, дие расги бигьаго гьечӏо щибаб соналъ лъимал школалде хӏадуризе. 20-30 азаргониги гъурущ инехъин буго. Амма гьелдасаги дун рекӏекълъулеб жо буго хӏукуматалъ гьабулеб кумекцин кидаго щолареб мехалъ. Мисалалъе, цӏалул тӏахьал. Исана Москваялъ нилъер школазе 100000 тӏехь кьун бугилан рагӏана информалатаздасан. Амма дир лъимал унеб школалде гьел тӏахьал щвечӏеб къагӏида. Гьечӏин тӏахьалилан абулеб буго нижеда. Лъаларо, Москваялъ ритӏарал гьел тӏахьал киналго школазе гӏечӏогойищ хутӏараб яги батӏияб гӏиллайищ гьениб бугебали, — ян бицана Р. Мухӏамадрасуловалъ.\nДепутатазул намус борчӏана\nЛъимал школалде хӏадуризе улбузе кумек хӏисабалда, щибаб хъизамалъе 10000 гъурущ гӏарац кьеялъул суал борхана гьал къоязда Пачалихъияб Думаялъул цо-цо депутаз ва Федерациялъул Советалъул сенаторал Сергей Леоновасги Иван Абрамовасги. Тӏоцебесеб классалде лъимер битӏулаго эбел-инсуца 20000 гъурущниги харж гьабизе кколеб бугин, пандемиялъул заманалда абуни гӏемерисел гӏадамазе щолеб мухьги цӏакъ дагьлъанилан, халкъалъул ургъел гьабун кӏалъана депутатал.\nГьеб суалалда хурхун законалъул проект гьоркьоб лъезе босун буго Пачалихъияб Думаялде. Гьелъул авторазул хьул буго тӏасияб соналъул 1 январалде гьеб къабул гьабилилан.\nГьединго, Пачалихъияб Думаялъул депутаз гьал къоязда загьир гьабуна коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал цӏидасан хӏалуцунеб бугелъул, школазда дарсал 1 октябралделъагӏан нахъе рахъун лъикӏ букӏинилан абураб пикруги. Амма РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул нухмалъулев Сергей Кравцов депутатазул гьеб пикруялда тӏад рекъечӏо."}
{"slug": "9400-rekiel-tiinda-magiul-un-bokharab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9400-rekiel-tiinda-magiul-un-bokharab", "title": "Рекӏел тӏинда магӏулъун бохьараб", "date": "2020-08-31 08:27:23", "categories": ["med"], "text": "Гьаб ахираб заманалда дун гӏемер щола тохтурзабазухъе, гӏенеккула рекӏел тӏинда магӏулъун гӏунараб гьезул хабаралъухъ. Хабарцин гуребха гьеб — угьиги зигараги жубараб гьеб рагӏидал, кинаб хӏалуцинха лъугьинеб гӏенеккарасулги. Гьезухъа тӏад юссунелъул, каранда бакӏ гӏоларого ракӏги лъугьуна, гӏумруялъ тӏамула жиндирго берцинлъиялда тӏад ургъизе. Хасго хвел аскӏоб рещтӏиндал, гьелъул берцинлъиялдаса гӏорцӏуларо. Тохтурзаби-бихьиназегицин захӏмат букӏуна дол балагьал къоял ракӏалде щвезаризе. Къватӏибе загьир гьабизе рес гьечӏеб магӏу рещтӏунеб батила рекӏел тӏинда. Руччаби- тохтурзабаз изну кьола магӏуялъе, жидерго гӏанабиги чурун, ракьалде тӏинкӏизе. Гьелдаго цадахъ гьез къватӏибе гьурщула къварилъиги, пашманлъинги, угьи-зигараги. Гьаб нухалдаги гьедин букӏана. Дун щвана С. М. Мухӏамадовасул цӏаралда бугеб республикаялъул рахунел унтабазул (инфекционная больница) больницаялъул отделениялъул нухмалъулей Саида Гӏумаровалъухъе. Телефоналдасан лъай-хъвайги гьабун, дица гьелда гьарана дандчӏвазе заман батейилан. Сундул хӏакъалъулъ бицине кколебалъи лъайдал, гьелъул гьаракь сорона. Бугониги, разилъана.\nГьалеха дун цо лахӏзаталъ лъалхъана чанго моцӏалъ гӏумруги хвелги цоцазе къуркьуларого букӏараб больницаялъул кӏалтӏа. Гьаний лъалхъидал, дагьайги гӏащикълъана гӏумруялъухъ.\nГьалеха Саида Гӏалигишиевна. Берцинаб гьурмада паркъелеб бугеб гьединабго гьимиялъ къабул гьаюна дун. Харбиде ралалде, гьелъ дида рихьана хасаб формаги ретӏун рахъарал жиндиргоги коллективалъулги суратал. Ракӏгъанцӏизабулеб кьогӏаб хӏакъикъат. Гьале дол жакъасеб заманаялъул багьадурзаби – гӏумру тӏегьаялъе, гьелда цӏилъи чӏваялъул нураллъун рукӏинеги хутӏизеги Тӏадегӏанас ракьалде ритӏарал руччабазда цебе чӏараб масъала букӏана цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб – хвалил квачӏикьа гӏумру бахъизе хӏадур рукӏана гьел киналго. Гьезда гьоркьой йикӏана Саидаги.\n— Бицун чи божулеб ахӏвал-хӏал букӏинчӏо. Беразда цадахъ гӏодулеб ракӏги букӏана. Рихха-хочизеги заман букӏинчӏо. Унтаразда бихьизе бегьулароан нижер къварилъи, бичӏчӏизе бегьулароан рекӏел хӏал. Щайгурелъул гьел нижехъ ралагьулаан гӏумруялде кӏудияб хьулгун. Гьел къояз ниж гьезие рукӏана жидехъе гӏумру тӏад буссинабизе бажарулел сихӏручагӏилъун, — ан байбихьана Саидаца диргун гара-чӏвари.\nКитаялда коронавирус тӏатун бугилан лъаралдаса нахъе, хӏадурун рукӏана больницаялъул нухмалъиги киналго тохтурзабиги, гьеб «къабул» гьабизе. Россиялъул кавабахъе гьеб «лъугьанин» абидал, бичӏчӏана тохтурзабазда, гьелъ Дагъистаналъеги салам «кьезе» букӏин. Больница, абизе бегьула, хӏадур букӏана гьелда дандчӏвай гьабизе. Букӏана хасаб парталги, гьединго рукӏана гӏурал дарабиги.\nВа гьале тӏоцевесев унтарав, кӏиабилев…, нусабилев…, кӏинусабилев…\nХӏалуцана хӏалтӏи больницаялда\nГӏемерлъана тохтурзабазул макьу бикъарал сардал. Рукӏана гьел Саидалги. Жиндирго лъимал гьелъ магӏарухъе, эбел-инсухъе щвезаруна. Ва гьей унго-унголъунги тӏаделъана унтаразухъе гӏумруялъул кунчӏи тӏад буссинабизе…\nРукӏана гьел къояз Саидал къисматалда хинал къоялги, ай сахлъарав унтарав рокъове нухарегӏулел талихӏал минутал. Гьединго зама- заманалдасан гьелъул къисматалъул бакъ хьухьикьеги кколаан – Саидаца рокъоре нухарегӏизе кколаан гӏумруялъул бакъ сун арал, жидеда тӏокӏалъ гӏумруялъул кунчӏи бихьизе гьечӏел… Гьеб мехалда Саидал ургьимесалдаго цӏа рекӏараб хӏал лъугьунаан, тӏун анин кколааан рекӏел цо чӏваги.\nГьедин ана хъахӏаб халгӏат ретӏарай хӏурулгӏин Саида Гӏумаровалъул тохтурлъиялъул бищунго захӏматал лахӏзатазул лъабго моцӏ. Гьебгощинаб мехалда гьей щвечӏо рокъое, гӏумру гьабун йикӏана больницаялдаго.\nДагъистанияздаса дун цӏакъго чӏухӏана\n— Дол захӏматал къояз дагьалъги чӏухӏана дун дагъистанияздаса. Нижер хьолбохъги чӏун, къеркьана гьелги унтуде данде. Кванан бахъунаребгӏан гӏемераб квен бачӏунаан къойил нижее жалго бетӏергьанал кафе-ресторанал ругезги гӏадатиял гӏадамазги. Гьанибго рехсечӏого гӏезего гӏоларо Гӏахьвахъ районалдаса Шамилил цӏар. Гьесул эмен вегун вукӏана нижер больницаялда. Гьединлъидал нижер лъикӏаб гьудуллъи ккун букӏана. Гьев сахаватав магӏарулас нижее бачӏанщинаб нигӏмат. Гьеле доб гӏаданлъиялъул унго-унгояб мисал. Гьелъго батила, дагъистаниязул цолъи бихьидал, нилъедаса лъутун ун букӏараб гьеб унти. Амма гьанжеги тӏад буссунеб бугоха гьеб. Гьеб тӏад буссиналъе «квербакъана» дагъистаниязул гӏаданлъиялъ. Бертабалъеги хьвадана, магӏирукъзабахъеги ана. Гьеб нилъер бидулъго бугелъулха – рохелги къварилъиги гӏахьал гьаби, — ян бицана Саидаца. Гьединго гьелъ рехсана Махӏачхъалаялъул «Турист» ва «Спорт» гостиницабазул ва больницаялда аскӏобго бугеб «Панацея» медицинаялъул централъул нухмалъулелги. Гьенир чӏобого гӏумру гьабизе рес щвана рокъоре-нахъе ине санагӏалъи гьечӏел тохтурзабазе. Гьеле инсанасул гьединаб рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабулеб ва цӏунулеб батила дуниял квешабщиналдаса. Унтаразул къадар дагьлъизегӏан, гьоркьоса къотӏичӏого, щвана больницаялде Москваялдаса тохтурзабиги, гьезда гьоркьов вукӏана вирусалъул заманалда машгьураблъун лъугьараб Коммунаркаялъул бетӏерав тохтур Проценкоги. Жидехъа бажаранщинаб кумек гьабуна гьез унтаразе.\nНахъа тана дол жавабчилъи цӏикӏкӏарал къоял. Россиялъул президентасулги Дагъистаналъул бетӏерасулги рахъалдасан шапакъатал щвана тохтурзабазе. Гьезул сияхӏалда кенчӏана Саида Гӏалигишиевналъул цӏарги. Гьелъие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур» абураб тӏадегӏанаб цӏар.\nДиргун гара-чӏварулеб заманалдагицин, хӏалхьи толеб букӏинчӏо Саидае телефоналъ – унтарал гьанжеги ругелъулха больницаялда. Гьале цо заманалдасан – цоги зваргъи. Гьаб нухалда – гьанжего гьанже магӏарухъа тӏад юссарай ясалъул эбелалъухъ урхъараб гьаракь.\nГьеб гьаркьихъе гӏедегӏана Саидаги. Гьез гӏураб заман байдалха цоцаздаса рикӏкӏад.\nХъахӏаб халгӏат ретӏарай ва гьелъул бацӏцӏалъиялъе даим ритӏухъайлъун йикӏине ва хутӏизе гьа барай хӏурулгӏиналда хадуй ялагьидал, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана – гьелъ цогидазул гӏумруялъе кьунщинаб кунчӏи. Гьелдаса кӏудияб талихӏ бугебдай ракьалда…\nТӏегьараб мурадалъул тӏогьий\nСаида Гӏумарова ккола Хунзахъ районалъул Буцӏра росулъа. Гьитӏинго рекӏелъ рещтӏараб гьелъул анищалъе кунчӏи щвана 1998 соналда. Росдал школаги лъугӏизабун, гьей цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 2003 соналда гьелъул тӏубараб мурадалда тӏегь бана. Ва институт лъугӏаралдаса нахъе гьей хӏалтӏулей йиго гьеб больницаялда. Макьу тун, квен тун, тохтуралъ рорчӏарал сардазда нур базабулеб буго хӏалтӏуде гьелъул бугеб кӏудияб рокьиялъги, унтараздехун гьанжеги гьелъул бугеб адабалъги, тӏалаб-агъазалъги. Гьелъул рекӏелъа жеги хӏинкъиги гьурмадаса пашманлъиги лъугӏун гьечӏо, цӏидасанги тӏаде щолеб бугеб унтиялъул сас рагӏидал. Гьей хӏадурго чӏун йиго… Бигьалъаги Саидаеги гьелдаго цадахъ киналго тохтурзабазеги унтулгун гьабулеб къеркьей…"}
{"slug": "9401-matsiazul-tarikhalda-l-alki-taraj-magiarulaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9401-matsiazul-tarikhalda-l-alki-taraj-magiarulaj", "title": "Мацӏазул тарихалда лъалкӏ тарай магӏарулай", "date": "2020-08-31 08:35:24", "categories": ["insan"], "text": "Патӏимат Сагӏидова (Ханикалова) гьаюна 1934 соналъул 11 апрелалда Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъ. 1951 соналда лъугӏизабуна росдал школа, 1955 соналда – ДГУялъул филологияб факультет. 1955-1957 соназда хӏалтӏана Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалда гӏурус мацӏалъул учительницалъун ва 1957-1961 соназда – ДГУялъул филологияб факультеталъул гӏурус мацӏалъул кафедраялда ассистентлъун. 1961-1964 соназда цӏалана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда ИЯЛИялъул аспирантураялда. Гьелъул гӏелмияб цӏех-рехалъе нухмалъи гьабуна машгьурав гӏалимчи- востоковед Мухӏамад-Сагӏид Сагӏидовас.\nГьеб букӏана хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул цӏех-рех гьабизе хӏажатаб заман. Гьел мацӏазул баяназул кьучӏалда гьабулаан литературиял мацӏазул цӏех-рех. Гьединлъидал Патӏиматица байбихьана гъодоберисезул мацӏалъул цӏех-рех гьабизе. 1965 соналда Гуржиялъул Гӏелмияб академиялъул Языкознаниялъул институталда гьелъ цӏунана «Гъо- доберисезул мацӏалъул грамматикияб очерк» абураб диссертация ва яхъана филологиял гӏелмабазул кандидатлъун. Гьелъул оппоненталлъун рукӏана машгьурал гӏалимзаби Т. Е. Гудаваги Ш. Г. Гаприндашвилиги, ва гьез тӏадегӏанаб къимат кьуна магӏарулалъ гьабураб гӏелмияб хӏалтӏуе.\n1965 соналдаса 2019 соналъул марталде щвезегӏан Патӏимат Сагӏидова хӏалтӏана ИЯЛИялда.\nП. Сагӏидовалъ жигараб гӏахьал- лъи гьабуна жамгӏияб гӏумруялдаги – йикӏана Махӏачхъала шагьаралъул райсоветалда захӏматчагӏазул депутатлъунги (1972-1974), Кавказалъул мацӏазулги СССРалъул халкъазул адабияталъулги рахъаз кандидатлъиялде диссертациял цӏунулел хасал советазул гӏелмияй секретарьлъунги. Гӏемер кӏвар кьолаан гьелъ гӏолохъанал гӏалимзаби хӏадуриялде: гьей йикӏана гӏелмиял цӏех-рехазул оппонентлъун ва хъвалаан кандидатлъиялъе диссертациязе рецензиял. Патӏимат йикӏана ИЯЛИялъул гӏелмияб советалъул членлъунги.\nП. Сагӏидова гӏахьаллъана гӏемерал гӏелмиял дандеруссиназда – тӏолгосоюзалъул, халкъазда гьоркьосел, тӏолгороссиялъул, регионалиял ва республикаялъул. Гьезда гьоркьор руго гьадинал: «Евразиялъул миллиялгун маданиял бухьеназулъ Дагъистан ва Северияб Кавказ» (Махӏачкала, 2004 с.); «Миллиялгун гӏурус мацӏазул теориялъулалгун методикиял масъалаби» (Махӏачхъала, 2009 с.); «Кавказалъул мацӏал: генетикиял, ареалиял бухьенал ва тайпадулаб гӏаммлъи» (профессор Шигьабудин Микагӏиловасул 110 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб); «Северияб Кавказалъул мацӏазул лексикологиялъулги лексикографиялъулги масъалаби» (Махӏачхъала, 2012 с.) ва гь.ц.\nП. Сагӏидовалъул гӏелмиял цӏех- рехал гъорлъе бачана магӏарул литературияб мацӏалъул лексикагун фразеологияги, гъодоберисезулгун гӏандадерил мацӏазул грамматикаги, хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул миллиялгун гӏурус словарал хӏадуриги, гӏурус-миллиял словарал гӏуцӏиги, диалектазул цӏех-рехал гьариги, магӏарулгун гӏандадерил мацӏазул лексика дандекквеялъулгун тарихиял цӏех-рехал гьариги, гӏалимчиясул гьунаралъул сипат гӏуцӏиги ва гь.ц.\nГьелъ хъвана 120-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Аслияллъун рикӏкӏуна гьал хадусел цӏех-рехал: Гъодоберисезул мацӏ (грамматикияб анализ, текстал, словарь). Махӏачхъала, 1973; Гъодоберисезул мацӏ (грамматикияб очерк) РФялъул ва мадугьалихъ ругел пачалихъазул мацӏал. М.: Наука, 1997; Гъодоберисезул мацӏ (грамматикияб очерк) Дагъистаналъул мацӏал. Красноярск, 2000; Гӏурус-авар словарь. Махӏачхъала, 2003 (авт. колл.); Гӏандадерил мацӏ (грамматикияб очерк) Кавказалъул автохтониял халкъазул мацӏал. США. 2005. № 100. Ингилис мацӏалда; Гъодоберисезулгун гӏурус мацӏазул словарь, жавабияв ред. М. Ш. Халилов. Махӏачхъала, 2006; Магӏарул мацӏалъул Зака- талаялъул диалект. Махӏачхъала, 2007; Магӏарул мацӏалъул диалектологияб словарь. М.: Наука, 2008; Балъхъадерилгун гӏурус мацӏазул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. Махӏачхъала, 2012; Чӏохъа Абакар-Хӏажил гьунаралъул ирс. Махӏачхъала, 2015; Гӏандалазул диалекталъул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. Махӏачхъала, 2019 ва гь.ц. Гьабсагӏаталда басмаялде бахъизе хӏадурулеб буго «Магӏарул мацӏалъул лексика» абураб гьелъул монография.\nПатӏимат Сагӏидовалъ кӏудияб бутӏа лъуна гӏандадерилгун цезазул мацӏазул лексикографиялъул ирс лъазабиялъулъги. Гьелъул жигараб гӏахьаллъигун хӏадурана ва басмаялде рахъана «Гъодоберисезулгун гӏурус мацӏазул словарь» (Махӏачхъала, 2006) ва «Балъхъадерилгун гӏурус мацӏазул словарь» (Махӏачхъала, 2012). Гьел мацӏазда кӏалъазе лъалеб гьечӏониги, Патӏиматица хӏадурана лексикографиялъул гьанжезаманалъул теориялде рекъонкколел академияб тайпаялъул словарал. Гьезулъ бакӏ кьун буго халкъалъул некӏсияб тарихалъеги, жакъасеб магӏишаталъеги, гъодоберисезулги балъхъадерилги жакъасеб гӏумруялъеги. Бечедаб лексикаялда цадахъго словаразда рехсон руго ругелщинал фразеологиял калимабиги, кицабигун абиялги, гьара-рахьиялгун хьамиялги, гьава-бакъалдагун магӏишаталда хӏалтӏизарулел хурухъанасул календаралъе хӏажатал сипаталги. Словаралъул ахиралда рехсон руго Гъодобери ва Болъихъ росабазул бакӏазулги гӏадамазулги цӏарал.\nКӏиябго словаралда кьун руго батӏи-батӏиял тӏадежураял. Абизе ккола, гьезул щибаб рикӏкӏине бегьула хасаб цӏех-рехлъун: бакӏазул цӏарал (топонимика ва микротопонимика), щибаб цӏаралъеги – географиялъулабгун лингвистияб баян. Словаразда руго щибаб рехсараб мацӏалъул грамматикияб очеркги.\nДагъистаналъул языкознаниялда П. Сагӏидовалъ лъураб кӏвар бугеб бутӏалъун ккола «Авар мацӏалъул диалектологияб словарь» (М., 2008) хӏадуриги гьеб басмаялде бахъиги. Гьединаб цӏех-рех жеги гьабун букӏинчӏо гӏалимзаби-дагъистанияз. Рехсараб словаралъул кьучӏалда гьаризе бегьула жеги гӏемерал гӏелмиял цӏех-рехал. Словаралъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гӏалимзабаз: «Дагъистаналъул языкознаниялда чӏобого хутӏун букӏараб бакӏ ккуна «Магӏарул мацӏалъул диалектологияб словаралъ». Гьеб буго Дагъистаналъул мацӏазул диалектазул словарь гӏуцӏиялъул рахъалъ тӏоцебесеб хӏалбихьи. Цӏакъ лъикӏ ва гӏуцӏадго кьун буго лексика, гьабун буго гьелъул классификация. Словаралда тӏад хӏалтӏулаго, П. Сагӏидова анцӏ-анцӏ нухалда щвана словаралда рехсарал мацӏазда кӏалъалел магӏарул росабалъе. Гьеб букӏана кӏудияб ва гӏицӏго гӏалимчи-лингвистасул жигаралъ цебетӏезабулеб сахаватаб хӏалтӏи». «Словаразда кьун ругел баянал ккола мацӏазул ва диалектазул лексикаялъул баяназул банкалъе чарагьечӏого хӏажатаб кьучӏ ва гӏолел гӏелазе мацӏ цӏуниялъе квербакъулеб иш, гуребани, халкъалъулги мацӏалъулги тарихалъе билулаан гьеб».\nГьабсагӏаталда ИЯЛИялда ра- гӏалде бахъунеб буго дарги ва лезги мацӏазул диалектологиял словарал хӏадуриялъул хӏалтӏи. Гьеб сериялда буго Патӏиматица къачӏараб ва 2019 соналда басмаялде бахъараб «Гӏандалазул диалекталъул словарьги».\nПатӏиматил хӏаракаталдалъун ракӏарана, цо къагӏидаялде ккезаруна ва гӏажамалдасагун латиницаялдаса кириллицаялде руссинаруна ва гӏурус мацӏалде таржама гьаруна гьелъул кӏудияв эмен Абакар- Хӏажил асаралги. Абакар-Хӏажи вукӏана шагӏир ва халкъияб кӏалзул гьунар бакӏарулев хӏаракатчи. Гьесул бечедаб гъансинир ратана маргьабиги, харбалги, биценалги, махсародул харбалги, кицабигун абиялги, росуцоязул гӏумруялда ккарал кепал лъугьа-бахъиналги. Абакар- Хӏажи вукӏана кутакалда диналда тӏадчӏарав, магӏарулазул гӏадат- гӏамалалъе ритӏухъав, яхӏ-намус бацӏцӏадав инсан. 1903 соналда хӏеж борхана гьес. П. Сагӏидовалъул «Чӏохъа Абакар-Хӏажил гьунаралъул ирс» абураб хӏалтӏи басмаялде бахъана 2015 соналда.\nП. Сагӏидовалъул бетӏергьанчи Сагӏид вукӏана Сталинил стипендия щолев мединституталъул студент, лъугӏизабуна Москваялда аспирантура ва гьенивго хӏалтӏулевги вукӏана. Дагъистаналде тӏадвуссун хадуб хӏалтӏана Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталда — биохимиялъул кафедраялъул нухмалъулевлъунги, деканлъунги, проректорлъунги. Киназдаго гьев лъалаан ракӏбацӏцӏадав, ритӏухъав ва сахаватав инсан хӏисабалда. Гьев вуго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран, мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьабсагӏаталда вуго мустахӏикъаб хӏалхьиялда.\nВас Загьидица лъугӏизабуна Физикаялъулгун техникияб институт, хӏалтӏана Москваялда. Гьанже хӏалтӏулев вуго Великобританиялда. Гьесул васаз – Абакар-Хӏажицаги Султанмурадицаги лъугӏизабуна Гарвардалъул университет ва гӏуцӏана жидерго компания. 2018 соналда Европаялъул улкабазда гьоркьоб гьеб рикӏкӏана бищун пайдаяблъун.\nПатӏимат Сагӏидова мустахӏикъ- лъана «За трудовое отличие» (1975 с.) медалалъе, ДРялъул хӏукуматалъул Хӏурматалъул грамотаялъе (2005 с.), СССРалъул Гӏелмияб академиялъул президиумалъулги, РАНалъул президиумалъулгун РАНалъул гӏалимзабазул профсоюзалъулги, РАНалъул ДНЦялъул президиумалъулги Хӏурматалъул грамотабазеги, «Захӏматалъул ветеран» абураб медалалъеги."}
{"slug": "9402-marshal-shugiajpov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9402-marshal-shugiajpov", "title": "Маршал Шугӏайпов", "date": "2020-08-31 08:50:36", "categories": ["rel"], "text": "Болъихъ районалъул Шодрода росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ун вуго 55 чи. Гьездаса 33-яв абадиялъго кьалул майданалда хутӏана. Бергьенлъи босун тӏадруссаразда гьоркьов вукӏана Ахӏмаднаби Шугӏайповги.\nДида мунагьал чураяв Ахӏмаднаби лъикӏ лъалаан. Болъихъ зонаялда «Багӏараб байрахъ» газеталъул хасав мухбирлъун хӏалтӏулев дун араб гӏасруялъул ункъоабилел соназда гӏемер дандчӏвалаан А. Шугӏайповгун. Гьес гьоболлъиги рагӏизабун букӏана дида. Щибаб базар къоялъ рагъулаб формагун – кительгун, галифе тӏажугун, кенчӏоледухъ цӏик-цӏикизарурал хурумалъул чакмабигун, ботӏрода гӏантӏикӏа бухариги лъун, Болъихъе вачӏунаан. Болъихъеги гьев киданиги машинаялда рекӏун вачӏунароан. Вачӏунаан чодаги рекӏун. Къамартӏав, вакӏа- вахарарав, рекӏун чодагун гьев вачӏунелъул киназго хӏурматгун абулаан доле, маршал Шугӏайповги вачӏунев вугилан. Хасаб рокьи букӏана гьесул чуяздехун.\n«Дида лъай щваралдаса нижер рокъоб чу кидаго букӏана», — ян абулаан гьес. Рагъдаса вуссаралдаса нахъе Ахӏмаднабиги рокъоб чу гьечӏого чӏечӏо. Гьесул чуяздехун бугеб хӏикматаб рокьиги бербалагьиги бихьун, дица гьесие сайгъат гьабун кечӏгицин хъван букӏана.\nЧуял\nШодродоса Ахӏмаднаби Шугӏайповасе, рагъул ветеранасе, гӏорхъи гьечӏого чуял хирияв инсанасе.\nМугӏрул урхъун руго чол хӏихӏиязухъ,\nЧабхил нухахъ гьезул пунхъи дагьлъана.\nПикрабазулъ гуро, хӏакъикъаталда\nЭлхъаби тӏагӏана тӏадмагӏарухъа.\nТӏатинчӏо щибго рекӏкӏ, рекӏкӏал къарнабаз\nКъисмат хӏалуцараб нилъер халкъалъе,\nХаатӏа кинабги ккун гьанже нилъеца\nГьезие къваридаб къотӏараб хӏукму.\nЧол кьолонир гӏуна магӏарул васал,\nМунги дунги гьезул ирсилал гьечӏищ,\nСабаб кинаб ккараб гьадигӏан кьогӏго\nКьалалги рехизе, чуял рихине.\nХилиплъи Шугӏайпов, хилиплъи буго,\nХириял мугӏрузе, дол умумузе,\nАралъ кӏал гьикъизе гьечӏонаниги,\nБачӏунелъе жаваб гьечӏо гӏелалъул.\nГӏажаибаб асар, гӏагараб асар\nСухъмахъалъ цо-цо гьел данде чӏваралго,\nДидани намусалъ бажаруларо\nБалагьизе чуяхъ. Дунги гӏайибав.\nМугӏрул урхъун руго чол хӏихӏиязухъ…\nЭлхъаби тӏагӏана тӏадмагӏарухъа…\nШодродисез абулаан щибниги батӏалъи гьечӏин, инсуда нусго проценталъ релълъарав вугин Ахӏмаднаби. Гьесул эмен Шугӏайп вукӏун вуго сверухълъиялдаго цӏар арав бахӏарчияв чи, граждан рагъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабурав багӏарав партизан. Цо нухалъ Чачаналдасан тӏадвуссун къаси заманалда Харайчӏи кӏкӏалахъан вачӏунев Шугӏайп хъачагъаз сверун ккола ва абула чуги ярагъги кьеян. Гьесда чачаназул мацӏги лъалеб букӏун буго. Шугӏайпица абула жиндир чу цӏакъ биххараб жо бугин, гъотӏода гьеб бухьине канлъигӏаги гьабейилан. Канлъи гьабигун гьес абула гьал михъалги ругев бихьинчиясухъа чу ярагъ бахъизе кӏвелиланищ нуж абун ва партӏан гьезде таманча битӏизабула. Гьав чи бахӏарчияв Шугӏайп вукӏун вугин абун, хъачагъаз щибго квекӏен гьабичӏого нухда виччала.\n…1939 соналда анцӏила анкьго сон барав чи Болъихъ анцӏго классги лъугӏизабун Ахӏмаднаби гӏарзаги кьун Багӏараб Армиялде хъулухъ гьабизе ана. 1939 соналъул ноябралдаса 1940 соналъул марталде щвезегӏан букӏараб финазулгун советияб рагъда гӏахьаллъана.\n1941 соналъул 22 июналда рогьалилъ Польшаялъул гӏорхъиги бахун фашистал Совет Союзалде тӏаде кӏанцӏидал тушманасде данде рагъаразул цоял рукӏана Ахӏмаднаби Шугӏайповас хъулухъ гьабулеб гӏорхъаби цӏунулезул заставаялъул рагъухъаби. Гьес гӏахьаллъи гьабуна Ленинград ва областа- лъул шагьарал ва росаби эркен гьариялъул рагъазулъ. А. Шугӏайпов ккола Ленинградалъул блокадаялъул гӏахьалчиги. Гьел ра- гъазулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьесие кьуна «За отвагу» медаль.\nЭстониялъул тахшагьар Талин эркен гьабулаго гьенибе жанибе гьужум гьабун тӏоцебе шагьаралде жанибе лъугьаразул цояб букӏана танкалъул командир-старшина Ахӏмаднабил экипаж. Гьеб гьунаралъухъ танкалъул экипаж мустахӏикълъана «Багӏараб цӏва» орденалъе ва кӏиабилеб нухалдаги Ахӏмаднаби отпускалъ гӏагараб росулъе виччана. Халатаб букӏана гьесул рагъулаб хъулухъги, рагъулал нухалги. Гьев чанго нухалда лъукъана, ругънал сахлъарабго фронталде тӏадвуссунаан.\n1945 соналда Москваялда Багӏараб майданалда тӏобитӏараб Бергьенлъиялъул парадалда гӏахьаллъи гьабизеги мустахӏикълъана гьев. Анкьгогӏан соналъ Багӏараб Армиялдаги, рагъдаги гӏахьаллъи гьабун каранда орденалгун ва медалалгун ракълилаб гӏумруялде гӏагараб росулъе тӏадвуссана гьев.\nРосулъги гьев паракъат чӏечӏо. Хӏалтӏана клубалъул директорлъун, библиотекарьлъун, учительлъун, парторглъун, росдал советалъул председательлъун. Кив хӏалтӏулев вугониги гьев вукӏана тӏадаб иш ракӏбацӏадго тӏубалев, Жавабчилъи бугев, мухӏканав, гӏадлу-тадбир бугев инсан. Гьелъин гӏагараб росулъги, районалдаги гьев къадру-къиматалдаги вукӏарав.\nСоветияб пачалихъ биххи захӏмалъана СССРалъул гӏемерисеб халкъалда. Гьеб цӏакъго бакӏлъана гуллида данде керенги бусинабун, метер букӏинесеб лъаларого ракъунги къечонги фашизмалда данде рагъулел рукӏарал рагъул ветераназда.\n«СССР биххун бихьизегӏан, дунго хвезе бокьизе букӏана» — ян ракӏ унтун абулаан Ахӏмаднабица.\n1996 соналда цинтӏаго унтиги речӏчӏун къадаралде щвана гьев сахав бихьинчи маршал Шугӏайпов."}
{"slug": "9403-mugialimzabazulgi-mugialim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9403-mugialimzabazulgi-mugialim", "title": "Мугӏалимзабазулги мугӏалим", "date": "2020-08-31 09:23:28", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Исана сентябралда 42-абилеб цӏалул сон байбихьизе буго ДРялъул мустахӏикъай мугӏалим, РФялъул лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан, Хасавюрталъул педколледжалъул авар мацӏалъул преподаватель Написат Расуловалъ.\nГьей ккола Унсоколо районалъул Гӏашилтӏаса. 1975 соналда, росдал микьгосонилаб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Хасавюрталъул педучилищеялде. 1979 соналдаса нахъе хӏалтӏана Хасавюрт шагьаралъул № 13 школалда байбихьул классазул мугӏалимлъун. 1983 соналда гьей цӏализе лъугьана ДГУялъул филологияб факультеталде. 1986 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Хасавюрталъул педколледжалда.\nКолледжалда хӏалтӏулаго, гьелъие мисаллъунги хьвада-чӏвадиялъулъ мугъчӏвалел хӏубаллъунги ратана цереккун жиндие дарсал кьурал ва хадурккун ишцояллъун лъугьарал гӏурус мацӏалъул мугӏалимзаби: Гӏалиева Неля ва Садикъова Наида. Гьез кӏудияб кумек гьабулаан Написатие щибаб дарсиде хӏадурулаго.\nДагьал церегӏан къоязда Н. Расуловагун дандчӏвана дун ва нижеда гьоркьоб ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго жакъасеб номералда.\n— Написат, букӏанищ цогӏаги ракӏ бухӏараб къого мугӏалимлъиялъул махщел тӏаса бищиялдаса?\n— Гьитӏинаб къоялдаса нахъего анищ букӏана мугӏалимлъун яхъине. Лъеберго соналъ цебе колледжги лъугӏун арал дир цӏалдохъабаз, жакъаги дие кьолеб баркалаялъул калам рагӏидал, йохула ва кидагӏаги ракӏ бухӏичӏо тӏаса бищараб махщалидаса.\n— Авар мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ щиб хӏал бугеб жакъа?\n— Расги лъикӏаб гьечӏо. Цо-цо эбел- инсуе бокьулеб буго лъималазда, гӏагараб рахьдал мацӏги малъичӏого, ингилис мацӏ малъизе. Гьединаз гӏемер абула щиб пайдайила бугеб рахьдал мацӏалдасайилан.\nЧадил гурони мацӏ лъалареб агьлуялда рахьдал мацӏалъул кӏвар бичӏчӏизабизе цӏакъ захӏмалъулеб буго.\nДица гӏемер пикру гьабула шагьаралда гӏумру гьабун ругел магӏарулазул. Къватӏиб, базаразда, тукабазда, идарабазда цо-цо магӏарулазул калам рагӏидал, гӏундул ричӏараб гӏадаб хӏал лъугьуна — я рахьдалаб гуреб, я гӏурус гуреб, бичӏчӏулареб цо лугъат букӏуна гьезул кӏалдиса бачӏунеб.\nХасго пашманлъизе бачӏуна шагьаралда бугеб нилъер интеллигенциялъул хӏисаб гьабидал, рахьдал мацӏалдехун гьелъул цо-цо вакилзабазул бугеб бербалагьиги гьоркьоблъиги бихьидал.\n— 25 соналъ цебе дуца гӏуцӏун букӏана рахьдал мацӏалъул предметиябгун циклияб комиссия…\n— Гьеб колледжалда хӏалтӏулеб буго. Дица гӏуцӏарабги кколаро. Дица 25 соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьелъие.\n— Гьаб заманалда авар мацӏ лъазабулел педколледжалъул студентазул кинаб бербалагьи бугеб адабияталдехун, авар мацӏ лъазабиялдехун?\n— Дир хӏисабалда, нилъеца нахъаса къотӏичӏого бицинеги хъвазеги ккола мацӏазул бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Тӏадчӏей гьабизе ккола мацӏ гьечӏони, халкъ букӏунарин абураб пикруялда. Гьедин щибаб дарсида дица хӏаракат бахъула лъималазул адабияталде ва мацӏалде рокьи бижизабизе. Школалда рахьдал мацӏалъул дарсазде хьвадаразда лъикӏ лъала ва гьез кӏудияб рокьигун хӏаракат бахъула гьелъул тӏинде раккизе, амма школалда рахьдал мацӏалъул дарсаздеги хьвадичӏого рачӏараз керен туризабулаха. Эбел- эмен рачӏуна, бегьуларищила жидер лъимал гьеб рахьдал мацӏаздаса эркен гьаризеян. Щибха гьединазда абилеб?\n— Битӏараб бугищ-гьечӏищали лъаларо, амма хабар буго авар мацӏалъул лъебералда ичӏго падеж гӏун бугин абун…\n— 2007 соналъ РАНалъул ДНЦялда тӏобитӏун букӏана гӏел- мияб конференция падежазул хӏакъалъулъ бицараб. Аслияв докладчи вукӏана Хӏамзатов Ахӏмад. Гьес бичӏчӏизабулеб букӏана авар мацӏалда микьго падеж гурони букӏине кколарилан. Амма гьенир рукӏарал гӏалимзаби гьесда тӏад рекъечӏо ва гьез чӏезабуна анцӏила ичӏго падеж букӏине кколилан. Битӏараб бицани, Хӏамзатовасул пикру диеги гӏагараб букӏана. Щуабилеб сериялда предметиял цӏарал кин сверизарилин дица суал кьедал, жавабги щвечӏо.\n— Написат, умумузухъа нилъее ирсалъе щвараб бечелъи — мацӏги, адабиятги, маданиятги, тарихги цӏуниялъе, дур пикруялда, щиб гьабизе кколеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, рахьдал мацӏазул закон тасдикъ гьабизе ккола. Гьединаб законалъ кумек гьабизе буго гӏурус мацӏалъулго гӏадин, миллиял мацӏазулги къадру борхизабизе.\nГьеб законги цебего хӏадурун буго. Хутӏун буго ДРялъул бетӏерас гъулбас гьабизе."}
{"slug": "9404-giadanl-iyal-ulgi-bukiuna-batii-batiiyab-sipat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9404-giadanl-iyal-ulgi-bukiuna-batii-batiiyab-sipat", "title": "Гӏаданлъиялъулги букӏуна батӏи-батӏияб сипат", "date": "2020-08-31 09:27:05", "categories": ["pismo"], "text": "Хасавюрт районалъул Тӏукитӏа росулъ гӏумру гьабулей йикӏана мунагьал чураяй Жарадат Пахрудинова. Гьелъ бетӏербахъи гьабулаан рокъоб рагьараб тукада къайиги бичун. Цо нухалда гьелъ дие бицана жиндирго сахаватаб ишалъул хӏакъалъулъ гьадинаб хабар.\n«Нижер росулъеги рачӏун, гӏумру гьабулеб букӏана цо хъизамалъ. Росги гьечӏого лъимал хьихьулей Гъазимухӏамадова Зугьрал букӏинчӏо мина-рукъ. Букӏинчӏо 60 сон барай гьей гӏаданалъулги цониги лъимадул кинабгӏаги документ. Гьазда-дозда цере хӏалтӏун щвараб мухьдахъ гӏумру гьабулеб букӏана гьеб хъизамалъ. Дир ракӏ гурхӏана гьезда. Ва пикру ккана гьей янгъизай гӏаданалъе кумек гьабизе», — ян байбихьана Жарадатица.\nХасавюрт районалъул социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъан Халуница малъана лъималазе паспортал росизе ккани, лъимер гьабиялъул хӏакъалъулъ свидетельство букӏине кколин. Гьебги гьабулин судалъул хӏукмуялдалъун. Жарадат ана Хасавюрт районалъул жанисел ишазул управлениялъул паспортал кьолеб отделалде.\n«Гьезги абиларищха, свидетельство гьечӏони, паспорт кьоларин абун. Зугьра гьаюна Даргъой. Дица хъвана гьенибе кагъат – архив бухӏун бугин бачӏана жаваб.\nДун ана Хасавюрт районалъул судалде ва гьикъана магӏарулав судья вугищ гьанив хӏалтӏулеван абун. Ватана – нижерго районалъул Ингердахъа Ахӏмад абурав чи. Щвана гьесухъе. Бицана гьесда бугеб хӏакъикъат. Росги хун, щуго лъимер хьихьулей гӏаданалъ бокьал гӏадаб бакӏалда гӏумру гьабулеб бугин, цӏакъ бокьун бугин гьелъие кумек гьабизеян бичӏчӏизабуна гьесда. Судияс абуна, цин свидетельство гьабизе кколин абун», — ан бицана Жарадатица.\nАхирги гьабуна свидетельство. Гьанже ана паспортазул столалде. Гьезги байбихьана гизма. Гӏарац къваригӏун, паспорт кьоларого.\nПаспорт кодобе щварабго, Жарадат ана пенсиялъул фондалде. Хӏажатал документалги хӏадурун, бахъана дой пуланалъе пенсия – 3000 гъурущ бачӏана тӏоцебе. Я захӏматалъул книжка, я цогидаб щибго жо гьечӏелъулха долъул. Пенсиялъул фондалда хӏалтӏулел ясалги «рекъезарун», пенсия бахинабуна 4000 гъурщиде.\nПенсиялъул гӏарацги данде гьабун, Жарадатица байбихьана пакъиралъе мина базе. 10000 гъурщиде босана кирпич. Гьелъул бетӏергьанчи Жамалица киридахъ рана къадал – анкьго метралъул халалъи бугеб бакӏ лъугьана.\nГӏицӏго къадал ран тӏубалищха. Тӏох ва цогидаб хӏалтӏи гьабизе материал босизе гӏарац балагьизе Жарадат ана райисполкомалде. Гьенивги валагьана магӏарулав. Гьес кьуна 5000 гъурущ. Собесалде ана – гьений йигей гӏаданалъ кьуна цин 5000, хадуб – 3000 гъурущ, гӏемер кумек гьабуна гьелъ. Къваригӏун букӏана тӏохалъе шифер.\n«Гьеб букӏана дун хӏежалде унеб сон. Гӏадамасда бицун букӏинчӏо гьаб хӏужаялъул дица. Дун ана Гӏаркьухъа Юсуп-хӏажихъе. Хасавюрталъул лъарал рагӏалда кӏудияб бакӏ ккун буго гьес. Кӏалтӏа ватарав хъаравулас абуна, гьес мун къабул гьайилищали лъаларин абун. Рачӏун рукӏарал цо руччабиги нахъе ритӏанила дос. Бачӏана Юсуп- хӏажиясул машина. Ана гьесда аскӏое ва цадахъго йилълъана гьесул рокъое. Бицана дир бугеб «унти». Валлагьги гьабила кумек, щай гьабуларебанги абун, тӏохда кквезе махх кьуна гьес! Шифералъе рес гьечӏого йикӏарай, гӏекколеб тӏох бугеб бокьоб гӏумру гьабулей долъие щвана махх! Гьесго кьуна арматураги. Жамалица хӏадурана цӏулал рейкаби ва бана минаялъе тӏохги. Гьеб букӏана 2011 сон.\nГьанже гьей гӏаданалъул йохи! Щибаб къойил ячӏуна дихъе, баркала кьолей йикӏуна», — ян бицана Жарадатица.\nНижеца гьелда абулаан Жара-бабаян. Гӏагарлъиялъул рохел-пашманлъи гӏахьал гьабизе кидаго ячӏунаан гьей. Байбихьул классазул учительницалъун йикӏарай гьей, Совет хӏукумат биххараб мехалда, лъимал-рукъ тӏубаялъул мурадалда, школалъул хӏалтӏиги тун, жуяна дармиде. Гьедин гӏумруялъул нухде тӏобитӏана гьелъ жиндир ункъабго лъимер. Гьелъул гӏаданлъигун сахаватлъиялъ хӏайран гьарулаан ниж. Гӏагарлъиялда кверчӏвалей йикӏуней гьелъухъа бажаричӏо чиякъай Зугьрал къисматалъулъ гӏахьаллъичӏого. «Аллагьасе гӏоло, киридахъ гьабуна дица гьеб. Зугьрае садакъадеян кьурабги, пенсиялъул бачӏарабги щибаб гъурущ хъвалеб хасаб тетрадь букӏана дир. Гьенибго хъвалаан долъухъе кьурабги, кванихъгун ратӏлихъ харж гьабурабги гӏарац. Дагь-дагьккун цӏикӏкӏана долъие щолеб пенсияги. «Кӏодоца бараб мина» бихьизе гӏемер чиги вачӏана – районалъул лъай кьеялъул управлениялдасаги, социалияб хъулухъалдасаги. Нечезаюлаан дун, гӏемер рецц-бакъ гьабун. Хасавюрт районалъул газеталда макъалацин бахъун букӏана», — ян лъугӏизабуна Жарадатица хабар.\nАбула, нилъеца гьарурал лъикӏал ишал гурони ратуларо абадияб дунялалдаян абун. Аллагьас лъикӏал муъминзабазул мухъилъе ккезаюн ятаги Жара-бабаги…"}
{"slug": "9405-talikhial-ul-kiul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9405-talikhial-ul-kiul", "title": "Талихӏалъул кӏул", "date": "2020-08-31 09:43:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Цӏалуда, хӏалтӏуда, рокъоб, къватӏиб ва цогидалги бакӏазда бокьарав чияс, гӏилла букӏа- букӏунге, рекӏелъ рекъолареб рагӏиги абун къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тӏехьалъул автор ал-Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракӏ бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагӏиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабулеблъи. Гьеб тӏехьалдаса босун, гьединго, рагӏаралъуса, цӏаларалъуса тӏадежураялги гьарун, цо-цо бутӏаби рахъулел руго гьаниб.\nБокьулареб – кьогӏаб\nПашманлъи тӏаде бачӏиндал пикраби гьаре лъикӏабщиналъул. Пикрабаздаго цадахъ хӏаракат бахъе лъикӏаб иш гьабизе, лъие бугониги садакъа кьезе, щив вугониги рази гьавизе. Гьеб мехалда дуда бихьила дурго ракӏ гӏажаибго чӏаголъун бачӏунеб куц ва ракӏалдеги ккезе буго дидаса талихӏав чи щив вукӏуневилан.\nВореха, лъица бугониги баркала кьезелъун хӏалтӏи батаниги, цоги щиб бугониги гьабуге. Гьабулебщинаб гьабе Аллагьасе гӏоло, Гьесул разилъи тӏалаб гьабун, Гьесдаса сайгъат щвеялде хьулгун. Гьабулеб хӏалтӏи букӏине ккола ракӏалъ тӏаса бищараб, дуего бокьулеб, гъираялда гьабулеб, цогидазеги кумек щолеб. Бокьулареб хӏалтӏи гьабизе цӏакъ захӏмалъулелъулха.\nГьабулеб ишалде тӏаделъе тавакалгун, жакъаго гьабизе бегьулеб метералде тӏамунги тоге. Аллагьас дуе кьун ругел рахӏматазул, нигӏматазул пикру гьабе, гьезул хӏакъалъулъ бице ва Бетӏергьанасе реццгун щукру гьабизе кӏочонге. Аллагьас кьун буго дуе лъикӏаб сахлъи, ризкъи, хъизан-лъимал, хӏалтӏи. Гьеб киналдасаго разиго вукӏине ва гьелъухъ щибаб къойил Тӏадегӏанасе аза-азар рецц гьабизе тӏадаб гьечӏищ?\nХӏаракат бахъе гӏадамазулъ лъикӏабщинаб бихьизе, гӏунгутӏабазде балагье бералги къанщун. Анкьабго рахъ рекъарал гӏадамал рукӏунареблъи лъай ва мунгоги гьединавлъун гьечӏеблъи бичӏчӏа.\nЛъикӏлъиялъ бекье хур\nКӏварго кьоге мацӏихъабаз бицунелде ва къватӏул харбазде. Хӏаракат бахъе гӏадамаз гьабулеб лъикӏаб иш бихьизе. Гъалатӏал кколарев чи вукӏунаро, амма лъил бугониги ккараб гъалатӏ гӏочӏода чӏвазе лъугьунге. Гьедин гьабиялъ лъиего пайда кьоларо. Чияр гӏунгутӏаби рехсеялъ я мун яги дов чи талихӏавлъун гьавуларо.\nХалккве дурго черхалда хадуб. Сахлъиялдаса лъикӏаб нигӏмат цоги гьечӏелъулха. Киданиги кӏочонге Аллагь духъ балагьун вукӏин. Гӏибадат цӏикӏкӏинабе, Бетӏергьанасда гьаре мунагьал чурагийин, дуегоги диналъул вац-яцазеги дугӏа гьабизе къарумлъуге. Аллагьас кьурал нигӏматазухъ шукру гьабиялдаго цадахъ, гьезул пикруги гьабе. Гьеб мехалда дуда бихьила ва бичӏчӏила кигӏан гӏемераб нигӏмат, рахӏмат кьун мун гьаб ракьалда тун вугевали.\nСахлъи ва хӏинкъигьечӏолъи, гьава ва лъим, квен ва ретӏел, мина ва рекӏине жо, мал-мулк ва лъимал, хъизан ва гьудул-гьалмагълъи… Гьебгощинаб бечелъиги кьун рахӏаталда тун вуго мун Бетӏергьанас, дудайин абуни гьеб кинабго бихьулебцин гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда, щукру-рецц гьабизеги кӏочон, жеги тӏадеги къваригӏун вуго. Руго кверал, хӏатӏал, бохдул, гӏундул, берал, кӏал, мацӏ… Дуда кӏола ният-къасд ккаралъуве ине, рагӏула бицунебщинаб, бихьула хӏажатабщинаб, кӏалъазе кӏола бокьарабщинабги бицун. Гьеб гурищ Аллагьасул рахӏмат?\nГӏалимчиясухъеги вачӏун цо мискин зигардула Аллагьас пакъирлъиялда тун вугин живиланги абун. Гьеб мехалъ гӏалимчияс гьесда абула гьеб дур канлъи щайин бичулареб нусазарго диргьамалдеян. Бичиларин кӏалъала мискинчи. Гьедин батани, нусазарго диргьамалде кверал яги бохдул ричейин гӏалимчияс абидал, гьелдаги разилъуларо мискин. Цинги гӏалимчияс абула: «Нусаза-азар диргьамалъул бетӏергьанлъунги вукӏаго, кин дуда кӏолеб зигардизе», — ян. Гьеб мехалда бичӏчӏула мискинчиясда Аллагьасул рахӏматазе гӏурхъи- рахъго гьечӏеблъи.\n***\nГьаб гӏумрудул магӏна бичӏчӏарав инсан,\nГӏодов виччан уна жиндирго нухда.\nЩибаб лахӏзаталъул пикруги гьабун,\nРакьалда бекьула лъикӏлъиялъул мугь.\nЛъимадул кьижиги, херасул какги\nКамилго бихьула сабру бугесда.\nБалеб чвахунцӏадги, гӏазул теретги\nТартибалда букӏин бичӏчӏула гьесда.\n***\nПуланав чияс Сократида гьикъарабила, мунги лъалев, дудаги лъалев цояс дур хӏакъалъулъ абураб бицинищин. Гьеб дида бициналде дуца дудаго рагӏараб гьеб хабар лъабго цӏалкӏинисан биччанищин цӏеханила Сократица. Биччачӏин абун дов чияс жаваб гьабидал, Сократица нахъеги гьикъанила: «Дуца гьеб хабар цин ритӏухълъиялъул цӏалкӏинисан биччай. Мун божулищ гьес битӏараб бицараблъиялда?»\n— Божуларо, амма дида рагӏана гьес бицанин абун.\n— Гьедин батани дуда лъалеб гьечӏоха гьеб хабар битӏарабищ-тӏекъабищ бугебали. Рачӏаха гьанже кӏиабилеб, ай лъикӏлъиялъул цӏалкӏинибе бан, цӏалкӏизе. Дида бицине бокьаралъ дие лъикӏлъи гьабизе бугищ?\n— Гьечӏо.\n— Гьедин батани, дуца дида бицинехъин бугоха ритӏухълъи-тӏекълъи лъалареб, дие зарал гурони щибго лъикӏлъи гьабизе гьечӏеб хабар. Рачӏаха лъабабилеб цӏалкӏуги босун, гьенисанги биччазе. Гьеб хабаралъ пайда кьезе ва гьелъул дие кӏвар букӏине бугищ?\n— Гьечӏо.\n— Гьедин батани дуца дида бицинехъин бугоха я ритӏухъаб бугищали лъалареб, яги лъикӏлъи гъорлъ гьечӏеб, ялъуни щибго пайда кьолареб хабар. Гьединги бугеб мехалда гьеб дида бициналъул магӏнаго щиб? — ян абунила Сократица.\nМацӏ\nЛъица бугониги нилъеда нахъасан рагӏи абун яги какун калам гьабун батани, бихьулищин цо чиясул ягъзинлъийиланги абун цӏакъ рахӏатхун, ракӏбакъван рукӏуна ва лъугьуна нилъ. Пикру гьабидал, гьеб хӏалалда нилъецаго нилъеего гӏакъуба кьеялъе гӏураб гӏиллаги гьениб батуларо. Нилъее пайдаялъе, нилъ кантӏизелъун абураб рагӏи батани, гьайгьай, рохизе ккола ва лъикӏлъиялъе бицараб рагӏухъ баркала кьезеги намуслъизе кколаро.\nАмма нахъасан гьабураб калам кьучӏ гьечӏеб букӏин дуда якъинго лъалеб батани, гьелъулги ургъел гьабиларо. Щайгурелъул, гьеб буго жахӏдачагӏазул пиша ва гьелъ дуе щибго зарал гьабизеги гьечӏо. Я бицунесе, я гӏенеккарасе щибго пайда кьолареб калам аскӏосан биччан тезего рекъараб буго. Гьединазухъ гӏенеккичӏони, гьезул рагӏи гӏадахъ босичӏони, заманалдасан гьез жидецаго тезе буго дуда «ганчӏал речӏчӏулеб» гӏадат. Амма Аллагьасда ракӏ-ракӏалъ божулел, гӏибадаталъе кӏвахӏаллъуларел лъикӏал гӏадамаздаги рагӏи абулел чагӏаз мун какулев ватани, гьелдаса воха ва гьез рехсолел дурго гъалатӏал ритӏизаризе хӏаракат бахъе.\nЖахӏда\nЖахӏда буго рекӏее загьру. Хӏапароялъ пихъ кваналебго гӏадин, кванала инсан гьелъги жанисан. Жахӏдачиясе киданиги рахӏатги букӏунаро. Гьев релълъуна жинцаго цӏаги бакун живго цӏадаве кӏанцӏулев чиясда. Жахӏдаллъиялъ инсанасул тӏабигӏат квешлъизабула, лъикӏал ишаздаса нахъчӏвала, хӏалихьатал, къабихӏал жал гьариялде гьетӏизавула. Жахӏдаялъ ракӏ чӏегӏер гьаби гуребги, живго инсанги талихӏкъаравлъун лъугьинавула. Гьединас хӏаракат бахъула чияр талихӏалда тӏад жиндирго талихӏ гӏуцӏизе. Гьедин гӏуцӏараб талихӏалъул ахир мекъи кколеблъиги нилъеда лъала. Жахӏда гьабизе бегьула лъабго жоялъулъ: Аллагьасе лагълъи гьабиялъулъ, садакъа ва чиясе гӏакълу кьеялъулъ."}
{"slug": "9456-millatal-ukh-rakiuntarav-khiakim-vatulev-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9456-millatal-ukh-rakiuntarav-khiakim-vatulev-gechio", "title": "Миллаталъухъ ракӏунтарав хӏаким ватулев гьечӏо", "date": "2020-09-07 06:51:08", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нилъер умумузул рухӏияб тарих, халкъалда цереккун лъалел рукӏинчӏел исламалъул гӏалимзабазул бечедаб гӏумруялъул хӏакъалъулъ баянал ракӏарун кӏудияб хӏалтӏи гьабуна магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ. Гьеб гуребги, Цӏоралда ругел нилъер умумузул наслаби жакъасел миллатцоязухъе сапар бухьун, гьезул яшав ва къварилъи-гӏатӏилъи цӏехон, адаб бугел тадбиралги гьаруна гьез.\nЦо чияс бахъулеб хъала букӏунаро\n— Жакъа магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъ гьабулеб хӏалтӏуда тӏасан гара- чӏвари ккана нижер гьелъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасулгун.\n— Битӏун бицани, ракӏалдаго букӏинчӏо гьаб хӏалтӏи тӏаде босизе. Амма нилъер миллаталъул тӏалаб-агъаз гьабулеб, гьелъул унтарал суалал рорхулеб, гӏунгутӏаби рехсолеб идара цӏакъ хӏажалъулеб буго, гьединлъидал кигӏанго заман букӏинчӏониги, тӏаде босизе ккана гьеб хъулухъ. Шагӏбаница (Шагӏбан Хӏапизовас) цӏакъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна автономия рагьаралдаса, гӏемерал тӏахьал рахъана, батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏана. Амма дие абизе бокьараб жо буго, ракӏ-ракӏалъ нилъер миллаталъул ургъел гьабулев чи вуго гьелъие кьучӏ лъурав Сайгидпаша Гӏумаханов. Цогидазул гьединаб хӏаракат дида бихьулеб гьечӏо. Амма цӏакъ бокьилаан, кинабго тӏалаб Сайгидпашаде рехун течӏого, нилъер миллаталъул цогидалги вакилзабаз гьелъие кумек гьабулебани.\nЗаманги бихьуларищха исана хисараб куц. Хасго кӏудиял хиса-басиял ккана гӏаламалъулго гӏумруялда жанир. Дунялалъул букӏинесеб метер кинабдай ккелаян абураб лъалареб бакӏалде бачӏинабуна иш коронавирусалъ. Гӏемерав чиясул ракӏалда рукӏарал мурадалги, гьаризесел хӏалтӏабиги гьоркьор арал гӏадин, гьедин ккана нижер гьаризе рукӏарал тадбиразулги къисмат.\n— Автономиялъул букӏана «Тарихалда лъалкӏ тарав нусго магӏарулав» абураб проект. Гьеб рагӏалде бахъун букӏарабищ яги цӏиял проектал ялъуни сапарал гьаризейищ ракӏалда бугеб?\n— Сапаралги руго гьарулел, гьелдаго цадахъ нилъер Гӏелмияб централда хӏалтӏулел гӏолохъабазулги буго кӏудияб хӏалтӏи умумузул тарих цӏи гьабиялъе гьабулеб. Нилъер тарих кутакалда бечедаб букӏин гуребги, аслияб куцалда гьеб хурхараб буго гӏараб гӏелмуялдаги гӏараб мацӏалдаги. Щайгурелъул киналго гӏелмиял материалал хъван руго гӏараб ва гӏажам мацӏазда. Гьел лъазариялда тӏад хӏалтӏулел руго гьабсагӏат Мухӏамад Шейхмухӏамадовги, Шагӏбан Хӏапизовги, Жамалудин Малламухӏамадовги ва цогидалги гӏолохъанал гӏалимзаби. Гьез хӏадур гьарурал тӏахьал рахъизе ракӏалда буго.\nГьединго руго нилъер шагӏир- забазги хъвадарухъабазги лъималазе хъварал тӏахьалги ва гьезул жидерго тӏахьалги.\nАмма дие цоги нухалда такрарлъаниги абизе бокьун буго, цохӏо Сайгидпашаде тӏаде рехун течӏого, гӏарцудалъун автономиялъе кумек гьабулел чагӏи гӏемерлъизе къваригӏун ругин.\n— Пикру лъикӏаб буго. Амма кумек гьабизе бокьарал чагӏи рукӏинадайха?\n— Цӏакъ къанагӏат гурони ратулел гьечӏо. Мисалалъе, дица чанго нухалъ хӏаракат бахъана автономиялъулги диргоги цӏаралдасан районалъул нухмалъулезухъе кагътал хъван «Хӏакъикъат» газеталъеги, «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазеги подписка гьабилародайин гьезилан. Гьабичӏо. Жакъа хӏукуматалъ лъималазе рахъулел тӏахьалги гьечӏеб заманалда гьезул кӏудияб пайда букӏинаан гӏун бачӏунеб гӏелалъе. Гьеб гӏемер бицараб, унтараб суалги буго, амма унго-унголъунги нилъерго мацӏалъухъ унтарав хӏаким яги бечедав чи дида жеги дандчӏвачӏо.\n— Цӏоралда ругел нилъер миллаталъул вакилзабазулги щулияб бухьен букӏана автономиялъулгун, гьенире гьарулаан сапарал…\n— Пандемия сабаблъун сапарал гьоркьор къотӏаниги, бухьенал къотӏизе тун гьечӏо. Цӏоралда жакъаги руго хӏакъикъаталдаги нилъер мацӏалъул ургъелги, умумузул тарихги, аслуги кӏоченчӏел къадруял гӏолохъаби. Гьезул чангоязе исана февралалда букӏараб рахьдал мацӏалъул фестивалалдаса хадуб баркалаялъул кагъталги сайгъаталги ритӏана нижеца.\nГьединго Томскиялда вуго Апсалудин Ахӏмадов. Цӏакъ яхӏ бугев чи вуго, гӏемераб хӏалтӏи гьабула миллияб тарих цӏуниялъе. Москваялда бугеб Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб «Намус» абураб школалъул директор Чӏарада районалъул Рилъаб росулъа Муртазагӏалиева Пасихӏатицаги гьабулеб буго бергьун кӏудияб хӏалтӏи республикаялъул миллатазул мацӏал ва тарих малъиялда хурхун.\nЖакъа гӏадамазе бокьулеб гьечӏо рахьдал мацӏазда хъвараб жо цӏализе. Дир хӏисабалда, гьелъие гӏилла буго гӏадамал жидерго магӏишаталдеги руссун, чед-хинкӏалъул тӏалабазда рукӏин. Вакъарав чиясул рухӏияб рахъ загӏипаб букӏуна. Магӏишат- яшав роцӏцӏараб мехалъ, инсанасул гъира букӏуна жиндирго цӏали-лъай ва рухӏияб дуниял цебетӏезабизе. Амма кигӏан захӏматаб замана бугониги, нилъерго мацӏги, тарихги, гӏадат-гӏамалги квер хьвагӏун тезе бегьиларо.\nГӏолохъабазул гъира гӏадада хвеларо\n— Мухӏамад, дагьал ругониги магӏарул мацӏалдехун рокьи бугел гӏолохъаби дагь- дагьккун цӏикӏкӏунел руго. Мисалалъе, Авар театралда рихьана гӏолохъанал артистал.\n— Руго. Диеги мисалалъе бачине бокьилаан шагьаралда ругел гӏолохъабаз гӏуцӏараб «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏи. Кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго гьез.\nАмма бищунго дун вохараб жо буго, шагьаралда гӏурал ругониги, гӏолохъабазда бичӏчӏун буго рахьдал мацӏ лъачӏони, жал унго-унгоял магӏарулаллъун рукӏунареблъи. Магӏарул мацӏалда батӏи-батӏиял тадбиралги данделъабиги тӏоритӏун, гьезул гъира буго мацӏ лъазабизеги, нилъер миллаталда хурхарал суалал мухӏкан гьаризеги. Цо-цояз гӏайиб чӏвалеб буго гьезда мацӏ лъикӏ лъалеб гьечӏин абун. Амма гьеб гьезул гӏайиб гуро. Шагьаралда гьарурал ва гӏурал гӏемерисезул унти буго гьеб. Шагьаралда гӏумру гьабулел лъималазда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул гӏайиб тӏоцебесеб иргаялда эбел-инсул буго. Гьез рокъоб лъималазда малъарабани, рахьдал мацӏ лъачӏого хутӏилароан.\nАвар автономиялда ракӏалда буго хадубккунги «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъе кумек гьабизе.\nЦо-цояз абулеб буго миллиял газеталги журналалги къваригӏун гьечӏилан. Дида гьединал чагӏиги ричӏчӏуларо. «Хӏакъикъат» газетаги гьечӏони, «Гьудуллъи» журналги тӏагӏани, Авар театрги къани, сунца ва лъица квербакъи гьабизе бугеб нилъер миллаталъе рухӏияб бечелъи цебетӏезабизе? Росабалъ жакъа магӏарул мацӏ бицунеб буго. Лъикӏ букӏинаан хӏукуматалъ магӏарухъ ругел гӏадамазе гӏумру-яшав гьабизе лъикӏал шартӏал чӏезаруни, газ бачани, нухал къачӏани. Амма жакъа къоялде щвезегӏанги гӏатӏиракьалде гочунезул къадар дагьлъулеб гьечӏо. Ракӏ гъанцӏизабула магӏарухъ нилъер умумуз гӏасрабаз бетӏербахъи гьабурал росаби чӏунтун рихьараб мехалъ.\nАмма гьел цӏуни нилъер щивав магӏаруласда бараб иш буго. Цӏи гьаризе ккела умумузул рукӏарал рукъзал, тӏалаб-агъаз гьабизе ккела росу- жамагӏаталъулги.\nБитӏараб бицани, гӏатӏиракьалде гочин цӏакъго хираго чӏана магӏарулазе. Хисана гӏамал-хасият, хъарцинлъана рухӏияб рахъ, нилъеда кӏочана умумузул гӏемерисел лъикӏал гӏадатал. Гьеб гуребги, гӏалимзабаз абулеб буго рижараб бакӏалдаса цогидаб бакӏалде гочарал гӏадамазул сахлъигицин загӏиплъулин. Гьеб кинабго нилъеда бихьулебги буго.\nЙохъ, цо миллион гуро…\nТарихалде ракке, аслияб бакӏлъиги захӏмалъиги магӏарулаз босана тӏаде. Киналго рагъазулъ, тарихиял лъугьа-бахъиназулъ цебесеб кьерда букӏана нилъер миллат. Нилъер миллаталъ кидаго хасаб бакӏ кколеб букӏана республикаялъул тарихалда. Амма ахирал соназда миллаталъул церехъаби дагьал загӏиплъана, чучлъана, республикаялъул жавабиял хъулухъазда ругел магӏарулазул къадар дагьлъана. Щай гьедин ккарабали бичӏчӏулеб гьечӏо. Гьеб суалалъухъги автономиялъ цӏакъ кӏвар кьун хал гьабизе буго. Мисалалъе, 5000-6000 чи вугеб цахуразул ялъуни рутулазул миллатги, миллион чи вугеб нилъер халкъги цо цӏадирабазда лъезе, цого даражаялда рекъон къимат кьезе бегьиларо.\n— Амма цо-цо питна-хӏур гьабизе бокьарал чагӏазда дур рагӏабазул магӏнаги мекъи бичӏчӏун, миллатчи вугин мунилан дуде гӏайиб чӏвалелги камиларо.\n— Дидаги бичӏчӏула гьеб. Амма нилъеца, магӏарулаз, цогидал гӏисинал миллатазухъе кумекалъулаб квер бегьун, ккаралъуб мугъчӏвай гьабун гурони, гьел киданиги къварид гьаричӏо. Гьебги кӏочон тезе бегьиларо."}
{"slug": "9457-akhiralde-shchvezegian-chiola-nil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9457-akhiralde-shchvezegian-chiola-nil", "title": "Ахиралде щвезегӏан чӏола нилъ", "date": "2020-09-07 07:00:25", "categories": ["obshestvo"], "text": "Пикруялъулги лъаялъулги рахъалъ церетӏурал, Дагъистан тун къватӏир гӏумру гьабулел нилъерго ракьцоял рихьидал, батӏияб асар лъугьуна.\nГьедин ккана гьал къояздаги – «Хӏакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ ячӏун йикӏана Санкт-Петербургалда гӏумру гьабулей невролог Патӏимат Асадулаева.\nДагъистаналъул медакадемия лъугӏун хадуб, гьей цӏалана Санкт-Петербургалъул Мечниковасул цӏаралда бугеб пачалихъияб академиялъул ординатураялда.\nГьениб неврологасул махщелги камил гьабун, Патӏимат лъугьана аспирантураялде.\nГьединго, къокъаб заманалда жаниб Венаялда цӏалунги камил гьабуна гьелъ махщел.\nГьеб заманалда жаниб Патӏимат кӏиго ясалъул эбеллъунги яхъана. Редакциялде ячӏараб къоялъ гьелда цадахъ йикӏана кӏудияй яс – Нияр-ханум. 15 сон барай гьелда лъалеб бугоан кореязул ва ингилис мацӏалги.\nМиллаталъул рахъалъ лъарагӏай кколей йикӏаниги, магӏарул газеталда кьолеб буго дагъистанияздехун къватӏибехун бугеб бербалагьиялда, ахираб заманалда тӏиритӏулел ругел цо- цо унтабазда ва цогидалда тӏасан Патӏиматилгун нижер ккараб гара-чӏвари.\n— Патӏимат, Дагъистаналда щварал дипломаздехун Россиялда тӏаса-масагояб бербалагьи букӏунин бицунелъул, дуда халлъанищ гьеб?\n— Доб мехалда Россиялда унго-унголъунги цо кӏудияб божилъи букӏинчӏо нилъер дипломаздехун. Гьединлъидал лъилниги кинабгӏаги тӏадкӏалъай букӏинаредухъ, дун ячӏинахъего гӏарцухъ цӏалулеб отделениялде лъугьана.\nАмма ракӏчӏун абизе кӏола дие Дагъистаналъул медакадемиялда щвараб байбихьулаб лъай гӏезегӏан лъикӏаб даражаялда батанилан.\nГӏадамазул бербалагьиялъул бицани, Петербургалъул чӏахӏияб гӏелалъ кутакалда адаб гьабула нилъер чагӏазул. Гьоркьохъеб гӏелалъул абуни, дагьаб божилъи гӏолеб букӏинчӏо нилъеразде, хасго церегӏан соназда. Нилъер гьаниса щуго яс йикӏана доб мехалда ординатураялда цӏалулей.\nЦо къоялъ нижер кураторалъ абуна хӏухьбахъизе ине бокьилаанин жиндие, амма Турциялде инегицин рес гьечӏила. Санайилго сапараз унеб лъикӏаб гӏадат буго дозул. Нилъерал абуни кирениги унаро, ремонтал гьаризе рокъорго чӏола.\nКватӏичӏого рокъое, Дагъистаналде инехъин йигин дун, цадахъ йилълъайин абуна дица кураторалда. Гьеб мехалда берал чӏахӏалъун рачӏана гьелъул. Белталги дицаго росилин, разилъеян такрар гьабуна дица хадубги. Гьейни разилъана, амма гьелъул эбел йикӏун йиго йихха-хочун, кинаб Дагъистанин букӏунебилан.\nЛъикӏги-квешги ячӏана гьей гьание. Нижеца гьей ячана гӏагарал чагӏазул мавлидалде, Дербенталде, Сарыкумалде, Чӏикӏаб хӏорихъе. Хӏадурана умумузул квенал. Рихьизаруна нилъерго гӏадатал.\nГьедин нилъедехун тӏубанго бербалагьи хисана Елена Борисовная-лъул. Гьелъ бицун – цогидазулги.\nНижедаса хадур, тӏасияб соналъ, нилъер гьаниса васалги рачӏана добго ординатураялде. Гьезухъаги борчӏичӏо кинабгӏаги тохлъи. Бокьараб хӏалтӏукьаги хӏинкъулароан. Гьединлъидал халкъалъе къимат кьей гьелъул вакилзабазда бараб букӏуна.\n— Дуца гӏелмияб хӏалтӏи инсультазда тӏасан хъван букӏанин цӏалана дица. Гье- лъул рахъалъ дуца щиб абулеб?\n— Россиялъул даражаялда босани, 80 процент буго инсульт кколел чагӏазул къадар. Гьитӏинаб мехалдасаго сах гьаричӏого тарал лъималазул гӏиси-бикъинал гӏузрабаздасан кколел жал руго инсультал. Тӏадежоялъе, цере гӏадин рагъа-рачарулелги гьечӏо гьел. Масала, гимнастика гьабизе тӏамулел гьечӏо. Дарсал гьарулеб мехалдаги телефонал-компьютеразда нахъаги, гуризабун гьодгун, чӏолел руго лъимал гӏодор. Дагьал кӏудиял гӏуралго, остеохондроз лъугьинабула гьединал гӏузрабаз.\nГьарулеб мехалдаго чорхое зиян ккеялдаги бараб букӏуна хадубккун чиясулъ унтаби загьирлъи. Масала, гьанжего-гьанже гьарурал лъималазул 85 процент букӏуна горбол гьодиде хӏал ккараб. Хадуб гьеб сверула габур гьетӏиялде, бохдул къокълъиялде, гьединго хондрозалде.\n— Гӏемерисеб мехалда нилъер гӏадамал Россиялъул шагьаразде унел руго лъикӏал клиникаби цӏехон. Дуда дандчӏвалищ гьел?\n— Тӏокӏалъ чӏечӏого рачӏуна. Гьебги гӏемерисеб мехалда онкология букӏиналда щаклъи ккани гурони рачӏунаро. Лъималги рачӏуна гӏаммаб хал-шал гьабизе рачун. Эндокринология хӏажатал унтаралги гӏемер дандчӏвала. Амма нилъер гӏадамазул квешаб гӏадат буго — ахиралде ккезегӏан чӏолел рукӏин."}
{"slug": "9458-uchitel-dur-tsiaralda-tsebe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9458-uchitel-dur-tsiaralda-tsebe", "title": "Учитель, дур цӏаралда цебе…", "date": "2020-09-07 07:19:56", "categories": ["insan"], "text": "«Россиялъул миллаталъул цолъи щулалъизабуралъухъ» абураб премиялъе мустахӏикълъаразул сияхӏалда буго нилъер ракьцояй, «Соддружество женщин» абураб ДРООялъулги «Добро по кругу» абураб фондалъулги нухмалъулей Патӏимат Геличовалъул цӏарги. Гьелъие гӏиллалъун ккана «Гӏурус учительзаби Дагъистаналда» абураб тӏехь басмаялда бахъи.\nПатӏиматилгун гара-чӏвари гьабуна «Хӏакъикъаталъул» мухбир Кавсарат Сулеймановалъ.\n— Патӏимат, мун йиго медицинаялъул хӏалтӏухъан. Щай дуда ракӏалде ккараб гӏурус учительзабазул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе?\n— Дица цӏалана Дагъистаналде хӏалтӏизе ячӏарай ва республикаялда гӏумру арай гӏурус учительницаялъул хӏакъалъулъ бицунеб цо макъала. 19-20 сон барал ясал ритӏун рукӏана Дагъистаналде. Гьезул хӏакъалъулъ пикрабалъ йикӏаго, цебе бачӏана дирго къисмат. Дицаги бан букӏана 23 сон, росасда хадуй Афгъанистаналде араб мехалда. Дунни ана бетӏергьанчиясухъе. Дол лъихъе ва кире? Гьез тӏубазабуна тӏадаб борч. Гьеб ккола бахӏарчилъи.\nЦоги нухалда цӏалана добго макъала ва ракӏалде ккана, цониги чияс гьезул хӏакъалъулъ макъаланиги тӏехьниги хъванадаян абун. Батана Жапар Рамазановас, Болъихъ хӏалтӏулеб заманалдаго хъвараб цо брошюра. Жеги бугоан Гӏахьвахъ районалда хӏалтӏарал учительзабазул хӏакъалъулъ хъварабги. Хадуб дица байбихьана гӏурус учительзабазул хӏакъалъулъ баянал ракӏаризе. Ва къватӏибе биччана тӏоцебесеб тӏехь.\n— Кӏиабилеб тӏехьалъул 800 гьумералда бицунеб буго 3000 учителасул къисматалъул хӏакъалъулъ. Кин бажарараб гьелгощинал баянал данде гьаризе?\n— Дун хъвадарухъан гуро. Гьеб ишалъул балъголъабазда гъорлъе яккизе ракӏалдаги букӏинчӏо. Амма букӏана кӏудияб анищ – нилъер халкъалъул къисматалда нахъе хъвагӏазе рес гьечӏеб лъалкӏ тарал гӏурус учительзабазул цӏарал тарихалда цӏунизе. Дир тӏахьазда гъорлъе ана 1930-1970 соназда Дагъистаналда хӏалтӏарал учительзаби. Жеги хӏадурун гьечӏо гьедин хӏалтӏизе рачӏарал киналго учительзабазул сияхӏцин.\nДир букӏана команда – волонтерал, бакӏалъул администрациязул вакилзаби, школазул нухмалъулел. Щолел баянал рукӏана цӏакъ мукъсанал. Муниципалитетазул архивал цӏунун хутӏун гьечӏо. Хьул букӏана педучилищабазулги педуниверситеталъуги архивазде ине – гьеб хьулги хӏорго хутӏана. Щвечӏо баянал республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялдасаги. Талихӏалъ, лъикӏаланго материал щвана республикаялъулаб архивалдаса.\nТӏоцебесеб тӏехь басмаялде бахъана 2015 соналда. Гьеб типографиялда букӏаго, дихъе кӏалъана ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялдаса. Гьез гьарулеб букӏана тӏахьал кьеян абун. Доб заманалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏулеб букӏана Тӏолгороссиялъул гӏурус мацӏалъулгун адабияталъул учительзабазул дандеруссин. Гьалбадерие рикьизе гьарана дир тӏахьал. Дие тана 50 тӏехь ва 250 ана министерствоялъ.\nТӏехь бачӏун хадуб социалиял гьиназдаса дихъе хъвана гӏемерав чияс: жиндир кӏодоэбел (эбел, ада, мадугьал яги учительница) щай гьоркьой тарай – гьеб букӏана аслияб суал. Дидагоги лъалаан гьеб рахъалъ жеги гӏезегӏан хӏалтӏи гьабизе кколеблъи. Байбихьана цӏидасан хӏалтӏи. Хъвана киналго шагьаразулгун районазул бутӏрузухъе кагътал. Кодоб диктофонгун ва видеокамерагун, сверана росабигун шагьарал, щвана машинадул нухцин гьечӏел росабалъе. Кумек гьабеян гьарана дирго гьудулзабазда.\n— Тӏехь хӏадури бигьаяб иш гуро. Гьеб басмаялде бахъиги учузго чӏоларо. Киса щвараб гьелде харж гьабизе гӏарац?\n— Редакторалъ абулеб букӏана гьединаб кӏудияб тӏехь букӏунарин – лъабнусгоялдаса тӏаде гьумер бегьуларин абун. Амма дагь гьабизе рес букӏинчӏо дир. Гьадингоги къокъал баянал кьезе ккана гӏемерисезул хӏакъалъулъ: гьавураб ва цӏалараб бакӏ, Дагъистаналъул щиб росулъ ва кигӏан заманалъ хӏалтӏарав, хъизамги гьабун, гьанивгойищ чӏарав яги республика тунищ арав.\nХӏалтӏизаруна текст бищизе, гьеб къачӏазе ва гъалатӏал ритӏизаризе махщелчагӏи. Кьуна гьезие кколеб мухьги – дир чвантиниса… Хӏадурана тӏехьалъул макет. Хӏадурана проект ва кьуна РФялъул президентасул гранталъе. Комиссиялъе бокьана проекталда рехсараб пикру. Щвана грант ва гьелъухъ Ростовалда басмаялде бахъана тӏехь. Анлъго тонна – тӏахьазул гӏаммаб цӏайи – щвезабизе кколаан Махӏачхъалаялде. Гьелъие кумек гьабуна ДРялъул почалъул нухмалъулев Махӏач Мухӏамадовас. Гьес битӏараб КамАЗалда рачӏана тӏахьал Дагъистаналде. Гьел цӏунизе санагӏатаб бакӏги кьуна Махӏачица.\n— Къватӏибе бачӏана тӏехь, тӏубана мурад. Гьанже сундул пикрабазда йигей мун?\n— Дир аслияб мурад букӏана учителасул статус тӏадегӏан гьаби. Учителасе кьезе ккола хӏалтӏуда рекъараб харж. Гьеб гьечӏони, гӏолеб гӏелалъе лъайги тарбияги кьеялъул иш рекъдизе буго. Щиб кьелеб лъималазе кваназе? Сундухъ босилеб гьезие ретӏел? Гьел ва цогидал масъалабаздаса эркенго вукӏине ккола учитель. Гьеб мехалда гьесие квалквал букӏине гьечӏо аслияб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго гьабизе.\nТӏоцебесеб иргаялда, кӏудияб баркала буго Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги жеги хӏалтӏулел яги хӏухьбахъиялда ругел гӏурус учительзабазе. Гьезухъан щвана дие цӏикӏкӏараб кумекги мухӏканал баяналги. Гьабсагӏаталда гьел рикьулел руго дица – гьудул-гьалмагъзабазе, тӏехь хӏадуриялъе квербакъаразе. Масала, гьеб щвана Сулейман Керимовасе ва гьес кагъат хъван буго Президентасул премиялъе мустахӏикъаб хӏалтӏи бугин абураб. Дир цӏар хъван буго «шорт-листалда». Гьеб цӏалана РФялъул Конституциялъулаб судалъул судия Хӏадис Хӏажиевас. Гьев кӏалъана дихъе ва абуна, СКФОялъул тӏолалго регионазда тӏибитӏизабизе кколин гьеб проектилан абун. Рагӏи кьуна гьелъие кумек гьабизеги.\nДица хӏадурун буго анлъго регионалъул бетӏерасухъе кагъат: Адыгеялъул, Кабардино-Балкариялъул, Осетиялъул, Чачаналъул, Ингушетиялъул ва Гъарачай-Черкесиялъул. Тӏехьалда цадахъ гьезухъе битӏизе буго кагъатги. Дагъистаналдаго гӏадин, Северияб Кавказалъул регионаздаги, тӏолабго Совет Союзалдаго хӏалтӏана гӏурус учительзаби. Гьезул хӏакъалъулъги лъицаниги хъван гьечӏо. Дица тӏобитӏана видео-конференция Россиялъул регионазулгун. Татарстан, Хакасия, Удмуртия… Киналго рази руго проекталда тӏад хӏалтӏизе. Сахлъиялъги рес кьуни, хьул буго гьеб проект гӏумруялде бахъиналде.\nРакӏалда буго Дагъистаналде рачӏарал цогидал махщелчагӏазул хӏакъалъулъ хъвазеги. Тохтурзаби, нартихъаби, инженерал… гӏемер рукӏана гьел.\nГьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго документалияб фильмалда тӏад – гьебги буго проекталъул бутӏа. Тӏехьалъе материал бакӏарулаго, видеокамераялда бахъун букӏана. Гьанже гьеб тартибалде бачунеб буго Гулера Камаловалъ. Аслияб къагӏидаялда балагьун хутӏун руго диргун гара-чӏвариялъухъ. Дун унтун йикӏиналда бан, нахътӏамизе кколеб буго.\nРакӏалда буго Гӏурус театралда спектакль лъезеги. Гьелда гӏахьаллъизе руго «Содружество» абураб руччабазулгун лъималазул ихтиярал цӏунулеб жамгӏияб гӏуцӏиги, Гӏурус театрги, ДРялъул Культураялъул министерствоги. Спектакль букӏине буго гӏурус учительзабазул хӏакъалъулъ.\nБокьун буго художествияб фильм бахъизеги. Гьениб бицине буго цо учительницаялъул къисматалъул хӏакъалъулъ. Гьакида рекӏун магӏарул росулъе уней гӏолохъанай учительница… Гьелъулги жамагӏаталъулги бухьен, гьайгьай, гӏурус ясалъулги магӏаруласулги цоцахъ ккараб рокьи, рикӏкӏаде арай ясалъулгун гьелъул гӏагарлъиялъул бухьен – гьеб кинабго загьирлъизе ккола киноялда.\nГьабсагӏаталда хӏадурлъизе ккола проекталъул презентациялде. Гьелъие хӏажат буго гӏарац. Хьул букӏана Дербенталъул мэр Хизри Абакаровасде… Хьул буго Гӏурус культура цӏуниялъул рахъалъ пачалихъияб комитеталъул кумекалдеги. Гьелъул нухмалъулей Наталья Евсеевалъ абуна квербакъилин абун."}
{"slug": "9459-tushmanase-k-urkichio-giabdula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9459-tushmanase-k-urkichio-giabdula", "title": "Тушманасе къуркьичӏо Гӏабдула", "date": "2020-09-07 07:42:35", "categories": ["insan"], "text": "Бухӏараб бакъул къоялъ террористаз сверун ккураб Шодрода росулъа херай эбел нахъе ячине унел дунги дир хъизанги лъалхъизаруна Болъихъ райвоенкоматалъул хӏалтӏухъан Сурхаев Шамилица. Гьес абуна цадахъ живги вилълъинин, жиндир машинаялде рахаян.\nРосу ахадаса тӏараде щвезегӏан ратана яргъид гӏуцӏарал хъача- гъас. Цоял ругоан хӏамузда, чуязда ярагъги лъун, Хӏамилгӏин магӏарде гьеб щвезабизе ине къачӏадулел, цогидал — хьиталги рахъичӏого какал ралел, цо тайпа — мажгиталда жаниб бокӏнидеги руссун (дир хӏисабалда) наркотикал хӏалтӏизарулел.\nГодекӏанире щведал, нижер машина сверун ккуна щуго-анлъгояс, ва цояс абуна: «Машинаги рахаге, кӏулалги дихъе кьун къватӏире лъугьа», — ян. Тӏолабго сверухълъи чӏегӏерлъизабураб гьеб къапилаялда гьоркьоса дир берчӏвана бакъукь кӏусун вугев дирго вукӏарав учитель Хӏамидов Гӏабдула Гӏалиевичасда.\n— Гӏабдула, мун щай бакъукь чӏун вугев? Вахъа рагӏдукье, — янги абун, гьесие хӏалае унев дун лъалхъизавуна цо магжилас.\n— Воре дида аскӏове вачӏунге! Дун гьаз туснахъ гьавун вуго! Дица гьазул рагъухъан лъукъана! Дица гьал лъукъун тезе гьечӏо, чӏвазеги руго, — ян абуна Гӏабдулаца. Гӏабдулада аскӏове унев дун, хъачагъас лъалхъизави рекӏее гӏечӏей дир хъизам Патӏиматица, йортунги ячӏун, Гӏабдулал рукьги ккун, ахӏун абуна:\n— Гьаб буго гьасул росу. Гьединлъидал гьав чи гӏодов чӏезе вуго гьасие бокьараб бакӏалда, — ян.\nДида ракӏалде щвана 1994 сон. Чачаналда букӏараб тӏоцебесеб рагъулаб компания! Чачаналдаса лъутун рачӏарал. Ракӏалда буго дагъистанияз гьел къабул гьарураб куц. Вахӏ! Гьанже щибха кколеб бугеб? Доб заманалда нижеца кванарабги кванан, нижехъ рега-рахъунги рукӏун, гьанже рачӏунел руго ниж чӏвазе!\n«Кьолебани нижехъеги ярагъ, гьал малгӏунал тӏагӏинаризе», — ян абулеб рагӏана гӏолохъабазул гурулъан цояс. Магжилазул рахӏат холеб букӏана нижехъги ралагьун. Бищунго гьезие рекӏее гӏолел рукӏинчӏо Гӏабдулал рагӏаби. Нахъаса къотӏичӏого гьес гьезда абулеб букӏана: «Убейте меня здесь! Если сегодня вы не убьете меня, то завтра я начну убивать вас», — ян.\n— Нужеда рихьулел кьурабиги ганчӏалги гурони гьечӏеб бакӏалде щиб босизе нуж рачӏун ругел? — ан дир хъизамалъ абидал, цояс жаваб гьабуна:\n— Ниж гьанире рачӏун руго Россиялъул кверщаликь ругел Дагъистаналъул бусурбаби эркен гьаризе, цӏияб дин нужеда малъизе ва…\n— Нижерго бацӏцӏадаб дин нижее гӏун буго! Нужецаги нуж таразги дин малъизе кколел гӏадамал гуро ниж! — ан абуна Гӏабдулаца, магжилавги гьоркьов къотӏизавун.\n«Гьав хӏалакъав, борхатаб лага-черхалъул, гьимун гурони гӏадамасда кӏалъаларев школалъул учителас, анцӏ-анцӏ соназ шадрадерил гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбияги, лъайги, гӏакълуги кьурав чияс, жакъа росдал гӏолохъабаздаги жамагӏаталдаги цебе бихьизабулеб буго бахӏарчилъиги ва кин бокьизе, цӏунизе кколеб жив вижараб, гӏураб ракь», — ан абурал пикраби рачӏана дир ботӏролъе.\nГӏураб заман бана магжилазулгун накъитазда. Цин букӏунаан гӏодобе биччараб, гӏакълуяб хабар, камулароан тӏаде нарт тӏолелги.\n— Гьанже заман щвана, — ян бичӏчӏизе захӏматаб магӏарул мацӏалъ кӏалъана цояв. — Кӏиго нугӏгун нужер рахъалдасан, кӏиго нижер диналъул вацалгун гьав бидулав (Гӏабдуладе килищги битӏун) щвезавизе ккола аскӏоб бугеб шаригӏаталъул судалде. Гьеб судалъ къотӏизе буго гьасие хӏукму.\nЖиндирго машинаялъул рулалда нахъа чӏана Сурхаев Шамил, дун — гьесул хьолбода, нижеда нахъа — Гӏабдула, гьесул хьолбохъ магжилазул кӏигояв. Нухда унаго лъана цояв магжилав Ведено районалъул Харайчӏо росулъа Ислам вукӏин, кӏиабилев -Афгъанистаналъул Кандагаралдаса афгъанав.\n— Мунгӏаги щиб босизе вачӏун вугев? — илан ахӏун абулеб букӏана Гӏабдулаца гьесда. Кӏалдире рачӏарал рагӏаби абулел рукӏана гьес гӏурус ва магӏарул мацӏалъ.\nРакӏалде кколеб букӏана хъвадарухъанас хъвараб маргьацин гурищ гьаб жойилан. Гьеб гьедин гьечӏеблъи бичӏчӏана росу тун къватӏире щведал, чӏезе машинаги гьабун, ккун гъванщагун къватӏире рехараб заманалда. Гьес Гӏабдула Гӏалиевичасул магьдилъ автоматалъул хӏараги тункун, ццидаца цӏурал берал дидаги Шамилидаги речӏчӏизарун, абуна:\n— Я своего родного брата убил за то, что он сотрудничал с оккупационными войсками! Вас убивать мне что муху убить!\n— Убей! — янги абун, магьдида цун бугеб автоматалъул хӏара аскӏобе цӏана Гӏабдулаца.\nМаслихӏат ккана Шодроде гӏедегӏун унел магжилазул кумекалдалъун. Кканиги щиб, Исламица байбихьана ахӏдезе, гӏантав чи кинигин кьвагьдезе, тунка-гӏусун машинаялде жанире ниж къазаризе.\nГьедин щвана Рахатӏе, Хаттабил штабалде. Гьенисаги ритӏана Ансалтӏе, Шамил Басаевасул штабалде. Гӏабдула цо минаялъуве вачун ана.\nГьоркьоб гӏурабго заман ун хадуб штабалдаса къватӏире рачӏана, яргъилаз сверунги ккун, Шамил Басаевги, гьимулаго Гӏабдула Гӏалиевичги. Гьезухъ ралагьун нижеда бичӏчӏулеб букӏана шаригӏаталъул суд букӏараблъи, амма лъалеб букӏинчӏо кинаб хӏукму къотӏарабали.\n— Гьале нижер машинаги, гьале ниж кӏигоялги, нужеца абураб къагӏидаялъ гьав Гӏабдулаца лъукъаравги сах гьавила, виччанте Гӏабдула, — ян нижеца гьаридал, Басаевас, чӏухӏадго, абуна:\n— Он пустил кровь нашему муджахеду, и мы должны пустить его кровь тоже, — ян.\nГьеб къоялъ УАЗалда рекӏинавун вачун арав Гӏабдула Хӏамидов хабар къотӏана лъабго-ункъо моцӏалъ. Хадуб рагӏана Чачаналда гӏумру гьабулел гьесул гӏагарлъиялъул кумекалдалъун гьев къватӏиве виччан вугин.\nГьединав бахӏарчияв инсан вукӏана Гӏабдула."}
{"slug": "9460-mashgurl-iyal-ulgi-k-adruyal-ulgi-k-uvatab-kunchii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9460-mashgurl-iyal-ulgi-k-adruyal-ulgi-k-uvatab-kunchii", "title": "Машгьурлъиялъулги къадруялъулги къуватаб кунчӏи", "date": "2020-09-07 07:48:55", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Жиндирго мугӏалималъе, Бике Гъазимухӏамаевалъе, Руслан Салимгереевас сайгъат гьабураб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:\nМукъадасаб буго, Бикеша,\nдур цӏар,\nТӏокӏцӏар батилилан\nккун букӏаниги.\nГьелъулъ цо хӏикматаб\nхӏеренлъи буго,\nКъвакӏи-кьвариялъул кьер\nбугониги.\n– Кӏикъогоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе лъугӏизабуна Русланица нижер школа, — ян бицана физикаялъул ва математикаялъул мугӏалим Бике Измутовна Гъазимухӏамаевалъ жиндирго цӏалдохъанасул хӏа- къалъулъ.\nХӏакъикъаталдаги гьелъ тарбия- лъай кьуралдаса гӏемерал сонал аниги, гьелъие баркала кьурал кагътал рачӏуна улкаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса. Масала, Валера Янибеговас школалда цӏалулеб мехалдаго ургъун букӏана жиндирго класса- лъул нухмалъулелда цӏалул сон байбихьулеб къо лъилниги пикру хадуб гӏунтӏулареб къагӏидаялъ баркизе. Цӏулакьодул гъотӏол тӏанхида хъван рукӏана баркиялъул рагӏаби. Кӏикъоялда щуго соналъ цӏунун буго Бике Измутовнаялъ гьеб тӏамах.\nГьадин бицана жиндирго гӏум- руялъулги хӏаракатчилъиялъулги хӏакъалъулъ Бике Измутовнаялъ:\n– Дун гьаюна 1936 соналъул 1 январалда Индиралдаса гочараб хъизамалда. Дир кьолбол кӏудиял рукӏун руго некӏсияб Чӏикӏаб росу гӏуцӏаразда гьоркьор. Дир кӏудияв эмен Чӏикӏаса Гъазимухӏама гӏемерал соназ Индиралда мажгиталъул имамлъун вукӏун вуго. Гьесул лъади Аминат, кӏиго лъимерги нахъе тун, гӏолохъанго хун йиго. Индиралъул жамагӏаталъ гьесда гьарун буго, мун гӏадинав лъикӏав имамги нижер мажгиталъе щвезе гьечӏин, цоги лъадиги ячун, гьанив чӏайилан. Гьез малъухъе, гьес гьений лъади ячун йиго. Гьей дир кӏодода цӏар букӏана Анав. Эмен Измудин, жиндирго щуябго лъимергун, 1929 соналъ Хасавюрталде гочана. Гьений гьаюна дун. Педагогасул захӏматаб хӏалтӏуде дир рекӏелъ рокьи бижана кӏудияв вац Насрудинидаса мисал босун. Гьес Махӏачхъалаялда рабфак лъугӏизабуна ва шагьаралъул № 4 гьоркьохъеб школалда тарихалъул мугӏалимлъун хӏалтӏана. Гьеб школалда цӏалана дунги 7 класс лъугӏизегӏан. Гьелдаса хадуй цӏализе лъугьун йикӏана Ведено школалде, вацас кьуна дун гьение магӏарул ясазул интернаталде. Гьев вукӏана къвакӏараб гӏамал-хасияталъул чи. 1938 соналъ ана Багӏараб Армиялда хъулухъ гьабизе. Рагъ лъугӏизегӏан вагъана Ватӏаналъул эркенлъи цӏунун. Политрук вукӏана гьев. Гӏемерал соназ хӏалтӏана школалъул директорлъун, районалъул лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун. Гьесул мисал босун, 1955 соналда гьоркьохъеб лъай щведал, дун цӏализе лъугьана Дагъистаналъул руччабазул педагогияб институталъул физикаялъул ва математикаялъул факультеталде. Гьале кӏикъоялда анцӏила щугоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ хиси гьечӏого хӏалтӏулей йиго цин тӏоцебесеб школалда, цинги — гӏемеррахъазулаб лицеялда. Цӏалун яхъиндал дица мугӏалимлъи гьабуна дирго эбел-инсул гӏагараб росулъ Индиралдаги.\nГьедин халатбахъараб гара- чӏвариялдаса хадуб Бике Измутовнаялъ дида цере столалда тӏад тӏиритӏана жиндирго рукӏарал цӏалдохъабаз батӏи-батӏиял соназ ва батӏи-батӏиял бакӏаздаса рачӏарал баркиялъулал кагътал, телеграммаби, жиндир хӏакъалъулъ газетазда рахъарал макъалаби.\nШагьаралъул «Гьудуллъи» газеталъул 1968 соналъул 16 маялда къватӏибе биччараб номералда бугеб «Нижер гьудул ва насихӏатчӏужу» абураб макъалаялда 8 «а» классалъул цӏалдохъаби Д. Ахӏмаджановалъ ва Т. Мичулаялъ хъвалеб буго: «Бике Измутовна Гъазимухӏамаева йиго нижер классалъул нухмалъулей. Рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан гьей школалда йикӏуна, дарсаздаса хадурги нижее тӏадеги занятиял гьарула, классалъулал сагӏтал тӏоритӏула, яги цо цӏалдохъанасулгун тарбия кьеялъулаб гара-чӏвари гьабула. Цо сундениги машгъуллъичӏеб лахӏзат гьелъул букӏунаро. Ина сонал, нижецаги гали лъела гӏумруялъул нухде. Амма гьаб школалда цӏаларал сонал киданиги кӏочене гьечӏо. Щиб лъалеб, ниж гьанир чанго соналдасан нахъеги данде- лъизе бегьула. Гьеб мехалъ аваданго ина нижер халатаб жанахӏалъусан, бигьагьабун рагьила нижее хирияб кабинеталъул нуцӏа. Гьений доскаялда цее яхъун чӏун нижеда йихьила Бике Измутовна, цогидал лъималазда математикаялъул къанунал ричӏчӏизарулей».\n– Дина Ахӏмаджанова гьанже нижер шагьаралъул больницаялда невропатологлъун хӏалтӏулей йиго, — ян бицана Бикеца, гьеб макъала цӏалун хадуб.\nГьелъ бихьизабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, КПРФялъул фракциялъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Сергей Решульскияс Москваялдаса битӏун бачӏараб телеграмма: «Кидаго рекӏелъ хинлъигун ва баркалагун ракӏалде щола дида дирго цӏалул сонал. Дурго рекӏел хинлъигун, лъикӏлъигун ва кӏвар кьун, Дуца хӏаракат бахъана нижер щивасулъ лъугьинабизе лъикӏлъиялъул ва жавабчилъиялъул, жиндирго ишалъе, жиндирго халкъалъе ва улкаялъе ритӏухълъиялъул асар. Гьелъухъ нижер щивасул рахъалдасан баркала буго Дуе тӏолабго гӏумруялъ. Ракӏ-ракӏалъ гьарула Дуе щулияб сахлъи, халатаб гӏумру, талихӏ ва лъикӏабщинаб дур гӏагарлъиялъе».\n«Ракӏ-ракӏалъ баркула лъабкъоялда анцӏго сон тӏубаялъул юбилей машгьурай, хӏаракатай педагог, божарай гьудул ва тӏалаб бугей эбел Бике Измутовнаялда», — ян хъвалеб буго РФялъул мустахӏикъай мугӏалим, Экологиялъул академиялъул академик, Москваялъул хӏукуматалъул премиялъул лауреат Инна Дмитриевна Евграфовалъ. «Кӏудияб хӏарпалдасан хъвазе мустахӏикъай Мугӏалим», — абун къимат кьолеб буго гьелъие жидерго телеграммабазда Москваялдаса Хӏусен Мухтаровас ва Краснодар краялъул Гулькевичи шагьаралдаса Катя Бурьяновалъ.\nЦо открыткаги дихъе бегьун, Бике Измутовнаялъ абуна:\n– Гьаб буго дие хирияй цӏалдохъан Анисатица, гьелъул эбелалъ ва яцалъ баркун бачӏараб. Гьелъ дун йохизаюна, лъилниги кумек гьечӏого, гъоркьиса гьей Москваялъул медицинаялъулаб академиялде цӏализе лъугьиналъ, — ян кӏалъана Бике.\nГьаб макъала ахиралде щвезабизе бокьун буго лицеялъул директор, ДРялъул мустахӏикъай мугӏалим, РФялъул лъай кьеялъул отличник Татьяна Голощаповалъул рагӏабаздалъун: «Бике Измутовна йиго Хасавюрт шагьаралъул гуребги, тӏолабго республикаялъулго мугӏалимзабазда гьоркьой машгьурлъиялъул ва къадруялъул къуватаб кунчӏилъун»."}
{"slug": "9461-mashgurav-artistgi-administratsiyal-ul-betiergi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9461-mashgurav-artistgi-administratsiyal-ul-betiergi", "title": "Машгьурав артистги администрациялъул бетӏерги", "date": "2020-09-07 07:54:46", "categories": ["pismo"], "text": "Чӏарада районалъул Цемериве щведал, дун дандчӏвана Гьилиб росдал бегавул Абакар Жамалодиновгун. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.\n— Абакар, мун ккола ДРялъул халкъияв артист, машгьурав кочӏохъан, гӏемерал соназ районалъул культураялъул отделалъе нухмалъи гьабурав чи. Кин ккарав росдал бегавуллъун?\n— Росдаеги росдал жамагӏаталъеги дагьабниги пайдаяб хӏалтӏи гьабизе бокьиялъ. Кидаллъизегӏанха сценаялдасан кечӏ ахӏулевги вукӏинев, соналги унел ругелъул. Дица нухмалъи гьабулеб администрациялде гьоркьобе уна Гьилиб, Цемер, Рилъаб, Гьогӏаб, Кӏутӏихъ, Доронуб, Къарануб, Лъарабазулъ росаби. Гьенир гӏумру гьабун руго 1900 чи, 680 цӏараки. Гьаниб буго гьоркьохъеб школа, 4 байбихьул школа, 8 койка бугеб участкаялъулаб больница, 5 ФАП, 1 СПК, 1 КДЦ, 2 клуб, 4 ясли- ах, бухьеналъул отделение, чанго тукен.\n— Мун бегавуллъун вугелдаса унеб буго щуабилеб сон. Планалда букӏараб щиб хӏалтӏиха гьабун рагӏалде бахъараб?\n— Гьаризе ракӏалда рукӏарал гӏемерисел хӏалтӏаби гьаруна. Амма цо-цо дида бачӏелги рукӏунаха. Гьогӏаб росдал клуб букӏана чӏунтун, гьениб капиталияб ремонт гьабуна. Цемериб клубалъеги ремонт гьабуна. Гьилиб КДЦялъул директорасулги кружоказулги кабинетаздаги ремонт гьабуна. Цемерибе лъим бачана. Гьелъие кумек гьабуна Хӏабибулаев Расулица. Кӏутӏихъ басрияб росулъе машинадул нух гьабуна. Доронубе, гӏадамазул кулабахъеги хурзабахъеги гьединабго нух гьабуна. Лъарабазулъ росу рагӏалда майдан гьабуна.\n— Кинабха бугеб администрациялъул бюджет?\n— Администрациялъул бюджет буго 3 млн 700 азарго гъурущ. Гьелдаса 1 млн 300 азарго гъурущ ккола культураялъе биччараб, 2 млн — управлениялъул аппараталъе, 67 азарго — муниципалияв хӏалтӏухъан пенсиялде индал, гьесие щибаб моцӏалъ тӏаде кьезе бихьизабураб гӏарац. Гьанже мунго балагьеха, цогидал хӏалтӏаби гьаризе хутӏаралъухъ.\n— Кин бугеб налогал ракӏа- риялъул иш?\n— Гъоркьиса налогал ракӏари 140 проценталъ тӏубан букӏана (224 азарго гъурущ), амма исана, коронавирусалъул хӏасилги букӏинарищха, 80 проценталъ гурони тӏубан гьечӏо. Захӏмат буго буголъиялъул налог бакӏари. Гӏемерисез жидерго минаби инвалидазда, пенсионеразда тӏад хъван руго.\n— Рагъда хваразе рарал памятникал ругищ?\n— Киналго росабалъ руго, Цемери букӏараб памятник, росу рагӏалда цӏияб мажгит балаго, хвезабуна. Ракӏалда буго ункъо росулъе нух бикьулеб бакӏалда («Руккалда») мемориалияб комплекс базе. Гьелъие бахъараб проектги буго.\n— Кин бугеб гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏи? Цӏиял хъизанал гьарурал гӏолилал росулъ чӏолел ругищ? Гьезие хӏалтӏи бугищ?\n— Росабалъ хӏалтӏи щибха букӏинеб, рес буго гӏи-боцӏи хьихьизе. Амма гьеб хӏалтӏи гӏолилазе бокьулеб гьечӏо. Цӏи гьарурал хъизаназе мина базе бакӏ нижеца кьола ракь бугел росабалъ (Рилъаб, Къараноб, Гьогӏаб), Гьилиб гьеб рахъалъ къанагӏалъи буго. Гӏадамазул рукӏа- рахъин квеш гьечӏо. Аслияб куцалда гӏи-боцӏи хьихьула, гӏемерисел хурзал рехун тана, амма бекьула картошка, хъапустан, гьоло, ражи. Нижер гьаниб буго газа-бел, харицелал гьарулеб къебелъиги, Дагъистаналда кибго гьечӏеб гӏадаб лъел гьобоги.\n— Ругищ росдае кумек гьабулел рес бугел гӏадамал?\n— Гӏемер рес бугел чагӏиги нижехъ гьечӏо, амма рехсечӏого гӏоларо республикаялъул парламенталъул депутат М. Мухтаров. Росдал администрация, колхозалъул букӏараб контораялде бахъинабидал, нижер букӏараб мина кьун букӏана ясли-ахалъе. Гьелъие ремонт гьабизе гӏарац битӏун бачӏана Мухтарил Мухӏамадица. Стомотологияб кабинеталъе хӏажатабги бачӏана гьесго.\n— «Хӏакъикъат» цӏалулищ, хъвалищ? Щиб абизе бокьилеб газета цӏалулезда?\n— Магӏарулаз магӏарулазул газета хъвачӏого бегьилищ? «Хӏакъи- къатги», «Чӏарадаги», «Ас-саламги» хъвала. Рес гьечӏезе букӏине 10 газета тӏадеги хъван букӏана. Магӏарулазда абизе бокьила магӏаруллъи чорхолъа лъугӏизе тогеян, умумузул букӏараб гӏадатги яхӏ-намусги цӏунеян."}
{"slug": "9481-l-idakha-bugeb-giajib", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9481-l-idakha-bugeb-giajib", "title": "Лъидаха бугеб гӏайиб?", "date": "2020-09-14 06:24:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ранго рахъунарел объекталги хӏалтӏизе чагӏи гьечӏого хутӏараб республикаги\n9 сентябралда тӏобитӏараб ДРялъул Халкъияб собраниялъул иргадулаб сессиялда аслияб кӏалъай ккана республикаялда ран рахъунел гьечӏел объектазда ва гьелъие гӏайибиязда тӏасан.\nГьелда бан цо чанго къоялъ цебе парламенталъул спикер Хизри Шихсагӏидовас инстаграмалдасан бадибчӏвай гьабун букӏана бакӏал раялъулгун рукӏа-рахъиналъул магӏишаталъул министр Малик Баглиевасе.\n«10 млрд гъурущ буго хӏалтӏизабичӏого хутӏун, заказчик хӏисабалда министерство щиб гьабулеб букӏараб? Гьелъие жаваб кьезе министр Малик Баглиевасе расги бигьаго букӏинаро. Свакан ватани, цогидасе нух кьезе ккела», — ян хъван букӏана Х. Шихсагӏидовас.\nГьединлъидал киналго балагьун чӏун рукӏана министрас кинаб жавабдай спикерасе кьелаян. Амма гьес инкар гьабуна интернеталдасан баян кьезе. Шихсагӏидовасин абуни хадусеб къоялъ добго инстаграмалдасан хъвана сессиялде хӏадурлъулеб данделъиялда гьел объектазда тӏасан хабар кканин.\nГьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана арбагӏ къоялъ тӏобитӏараб сессиялда. ДРялъул бетӏер Владимир Васильев гуревги, гьелда гӏахьаллъана РФялъул Федерациялъул Советалъул вице-спикер Иляс Гӏумахановги, Пачалихъияб Думаялъул депутатал Мурад Хӏажиевгун Валерий Газзаевги.\nМинистр Баглиевас бицана исана соналда жаниб гьабураб хӏалтӏул.\n«Масала, тӏаде босун буго 24,5 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурщиде 286 объект базе. Гьелда гьоркьоса 77-яб ккола лъай кьеялъул объект — 57 ясли-ах (9100 лъимералъе бакӏ бугеб) ва 20 школа (9550 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб). Гъоркьгоги гӏоларого рукӏарал ясли-ахалги школалги гьанже, Каспийскиялде рагъулаб флотилия гочинабун хадуб, тӏуранго къанагӏалъизехъин руго», — ян бицана министрас.\nГьелда бан республикаялъул тӏалъиялъе хӏажат буго гьел хехго ран лъугӏизаризе. Гьединлъидал цо къадаралъул хӏалтӏи Оборонаялъул министерствоялдаги тӏадкъан буго. 77 объект базе биччараб 14,8 млрд гъурщил аслияб къадар гьеб министерствоялъ харж гьабулеб буго. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан рагъулал хъулухъчагӏаз бакӏал раялъул иш хадуб бехъерхъизабулеб буго.\nГьелъие гьадинал гӏунгутӏаби рехсана Малик Баглиевас: бакӏазда хасал генпланал гӏуцӏичӏолъи ва хӏажатал документал цойиде ккун гьечӏолъи, цинтӏаго гӏемерал бакӏал цадахъ разе ккеялъ цо пуланаб объект бан бахъинабизе бюджеталъул гӏарац гӏунгутӏи, хасаб лъай бугел махщелчагӏи гьечӏолъи (архитекторал, сметаби рахъулел чагӏи, геодезистал, технологал). Моцӏрое щолеб 18-20 азарго гъурщихъ гьединал, къанагӏатаб махщалил чагӏи хӏалтӏуде росизе бажарулеб гьечӏеблъи.\nГьелде тӏадеги, иш хӏалуцинабунин ришватал росун яги бюджеталъул гӏарцуе хӏилла- макру гьабун батун, цо-цо чиновникал туснахъазда лъеялъгиян абуна Баглиевас. Гьес бадибчӏвай гьабуна Оборонаялъул министерствоялъул ункъабилеб ГВСУялъеги (Главное военно-строительное управление). Хӏалтӏухъ гӏарац кьеялъул рахъалдасанги нухмалъи гьабиялъулъги тартиб букӏинчӏила гьезул.\nГВСУялъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамадэмин Чамаевас жаваб кьуна жидеца объектал разе тӏадкъан бугила Дагъистаналдаса подрядниял гӏуцӏабазда. Амма гьезул инженериябгун техникияб лъай мукъсанаб букӏиналъ жидер гӏемераб заман унеб бугила гьезда хӏалтӏи малъулаго. Гьединго объектал разе бюджеталдаса биччалеб 11 млрд гъурщил 3 млрд гурони щун гьечӏила жеги жидехъе.\nХадуб депутатаз байбихьана Чамаевасе суалал кьезе. Масала, Мухӏамад Гӏарациловас гьикъана Тарумовка районалда базе бихьизабураб лъабго объекталъул цонигиялъе кьучӏ лъезецин лъугьун гьечӏила, гьелъие гӏилла щибилан.\nЧамаевас жаваб кьуна пачалихъияб контракталда гъоркь гъулбас лъун гьечӏила, гьелдаса хадуб байбихьилила гьениб хӏалтӏи.\nМухтарпаша Гӏумахановас гьикъана республикаялда 73 объект базе тӏаде босулелъул, нужеца нужерго ресазул хал гьабунищин, гьединго, цого заманалда къогоялдаса цӏикӏкӏун объект базе тӏадкъарал субподрядчиказул анализго гьабунищин.\nХадубго тӏаде жубана муниципалиял гӏуцӏабазулгун бухьенги гьабун ралагьизе бегьулаанин гьез субподрядчикалгиян.\nЧамаевас гьелъие чӏванкъотӏараб жаваб кьечӏо.\nСпикерасул заместитель Камил Давдиевас кӏвар буссинабуна исана 1 сентябралде гӏицӏго анкьго гурони социалияб объект бан бахъинчӏолъиялде. Амма цебеккунго рагӏи кьун букӏун буго 22 объект базе.\nДепутат Мухтар Оздеаджиевас рехсана доб цебехун рехсараб управлениялъул хӏалтӏулъ цо моцӏида жаниб тӏатинабун букӏараб 267 гӏунгутӏи.\nГьанжелъизегӏан рачӏого хутӏарал объектазул гӏайиб ункъабилеб ГВСУялде гьабуна Оздеаджиевас. Тӏадежоялъе, Бакӏал раялъул министерствоялъ гьелъухъе кьезехъин бугин жеги 11 объектги базе, амма гьеб биччазе бегьуларин лъазабуна депутатас. Гьединал бакӏазде хӏалтӏизе росилалде цебе хасаб лъай кьолел цӏалул идарабиги рагьизе кколин рикӏкӏунеб буго Оздеаджиевас.\nХадур кӏалъана Иляс Гӏумахановгун Хизри Шихсагӏидов.\nГьединаб, ай хашаб хӏалтӏудалъун нужеца республика хьуцӏилъе цӏалеб бугин кӏалъана Гӏумаханов. Рагъулал бакӏал ралезул къадру абуни улкаялда кутакалда кӏудияб бугила.\nГьес Чамаевасе малъа-хъвай гьабуна хасал терминалги тарихалги рехсей жибгоги тун, чӏванкъотӏарал ишазде байбихьизе, щайин абуни – «гӏадамазе объектал хӏажат рукӏун».\nАхиралда кӏалъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги.\nРесалги, гӏадамалги ругин, гӏарацги бугин, амма хӏасил бихьулеб гьечӏин абуна гьес.\nГьанже пандемия байбихьидал, объектал ралел рукӏарал азербайжаналъулалги, китаялъулалги, цогидалги жиде-жидер ватӏаналде тӏадруссун индал, хӏалтӏухъабиги гьечӏого хутӏун руго заказчикал. Масала, Васильевас бицухъе, Азербайжаналдаса лъабазарго чи вачине кколев вуго гьаниве гьел объектазда хӏалтӏизе.\nМашинабаздалъун гурони, хъалахъги кодоб ккун гьабулеб гӏиси- бикъинаб хӏалтӏи гьабизе разилъулел гьечӏин дагъистаниял, гьединлъидал ахӏизе кколел ругин республикаялде азербайжаналъулалин бицана Васильевас.\nКин букӏаниги, республикаялъул бетӏерасда лъикӏаблъун бихьана ккара-таралъул хӏасилги гьабун, кӏвараб куцалда хӏалтӏизе."}
{"slug": "9482-kalugayalda-batarab-talikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9482-kalugayalda-batarab-talikhi", "title": "Калугаялда батараб талихӏ", "date": "2020-09-14 06:33:02", "categories": ["med"], "text": "2020 соналъул 16 апрелалда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб «О награждении государственными наградами РФ» абураб указалда буго: «Присвоить почетное звание „Заслуженный врач Российской Федерации“ Гаджиабакарову Шейхмагомеду Магомедовичу, заместителю главного врача по хирургической помощи государственного бюджетного учреждения здравоохранения Калужской области „Калужская областная клиническая больница скорой медицинской помощи“ имени К. Н. Шевченко» абун.\nШехмухӏамад Хӏажиабакаров ккола тохтур ва мугӏалим. Махсара гьабулагоги, велъулеб мехалдаги, хӏатта студентазда гьоркьор къецал тӏоритӏулагоги, гӏолохъанал тохтурзабазда гьес малъула ва рихьизарула хурургасул балъголъаби. Гьев нечоларо жиндирго гъалатӏазул хӏакъалъулъ бицине, малъула гьездаса цӏунизе кколеб къагӏида.\nУнго-унголъунги унтаразе гьев ккола халкъияв тохтур. Гьев хӏалтӏулеб больницаялда бугеб «Книга отзывов и предложений» абураб тӏехьалда цо унтарас хъван буго гьадин: «Дие операция гьабуна Шехмухӏамадил меседил квераз», — ян.\nКалуга областалъул медицинаялъул хехаб кумекалъул больницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Шехмухӏмад Хӏажиабакаровас 2008 соналда цӏунараб медицинаялъул гӏелмабазул кандидатасул «Противорецидивная герниопластика при паховых грыжах у лиц пожилого и старческого возраста» абураб диссертациялъе щавана тӏадегӏанаб къимат.\nШ. Хӏажиабакаровасул хъулухъалъулаб характеристикаялда хъван буго: «Хӏажиабакаров ккола тӏадегӏанаб махщалил, дурусав ва жавабчилъи цӏикӏкӏарав хирург, гьаб заманалъулаб сахгьариялъул ва унти чӏезабиялъулаб технологиялъул хӏалтӏул балъголъи рагӏа- ракьанде щун лъалев инсан. Гьев ккола тохтурзабазул насихӏатчи. Гӏахьаллъула семинаразда, конференциязда ва съездазда. Гӏолохъанал тохтурзабазда гьес абула жиндаго тӏад хӏалтӏулевги, лъай камил гьабизе медицинаялъул центраздеги унев гьечӏони, мун тохтур гурилан.\nХӏажиабакаров ккола Калуга областалъул медицинаялъул хехаб кумекалъул больницаялъул этикияб ва медицинаялъулабгун экономикияб советалъул членги. Ракӏ бацӏцӏадаб хӏалтӏуе гӏоло гьев мустахӏикълъана Калуга областалъул губернаторасул ва сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул шапакъатазе, больницаялъул администрациялъул грамотабазе», — ян.\nШехмухӏамад гьавуна 1964 соналъул 27 маялда Мачӏада росулъ. Гьесул эмен, мунагьал чураяв Мухӏамадица васасдаса бугеб чӏухӏиги разилъиги бахчичӏого, абулаан: «Шехмухӏамад вуго хӏалтӏи бокьулев, хӏилла-макру гьечӏев, гӏамал-хасият берцинав, сундулъго нижее кумекалъе хӏадурав вас», — ян.\nГьес тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна росдал школа. Биологиялъул ва химиялъул предметазда тӏасан районалда тӏоритӏулел олимпиадабазда гьесулъ къецбан бажарулев цӏалдохъан вукӏинчӏо. Дагъистаналъул медицинаялъулаб академиялда цӏалулагоги, гьев вукӏана бищунго лъикӏал студентазул кьерда. Сахлъи цӏуниялда Хӏажиабакаровас росарал бергьенлъабазул хӏакъалъулъ гӏемеб хъвана «Знамя» ва «Вечерняя Калуга» газетазда. Гьев ккола тӏадчӏун сах- саламатаб гӏумру гьабизе кколин абун гӏадамазда малъулев ва бихьизабулев тохтур, «Азбука здоровья» абулел телепередачабазул жигарав гӏахьалчи. Гьединго Россиялъул хирургазул, гастроэнтерологазул ва геронтологазул жамгӏияталъул член.\nГьебго заманалда Хӏажиабакаров ккола жиндаса мисал босизе мустахӏикъав хъизамалъул бетӏер. Магӏарулазул, хасго гьидерил гӏадат- гӏамалазул кьучӏалда тарбия кьун, лъади Патӏиматида цадахъ гьес гӏезавуна кӏиго вас: Хӏажи ва Шамил. Гьел цӏалана Москваялъул ВУЗазда, спорталъул къецазда чӏелал росана. Гьеб гурищ умумузул унго- унгояб талихӏги. Нилъ рохаралги чӏухӏаралги руго бергьенлъиялда цӏалулел ва хӏалтӏулел ракьцояздаса.\n«Хӏакъикъаталъул» коллективалъги баркула Ш. Хӏажиабакаровасда «РФялъул мустахӏикъав тохтур» абураб тӏадегӏанаб цӏар щвей."}
{"slug": "9483-zobal-tiasa-l-uga-dir-gianchil-iyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9483-zobal-tiasa-l-uga-dir-gianchil-iyalda", "title": "Зобал, тӏаса лъугьа дир гӏанчӏлъиялда", "date": "2020-09-14 06:37:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хӏамзатил Расулил хьолбохъ Патӏимат гӏадайги, Гӏабасиласул хьолбохъ Савдат гӏадайги гӏадан Мухӏамад Сулимановасда хьолбохъги йикӏарайани, гьесул асаразулги цӏаралъулги къиса батӏияб букӏинаанилан хъвана Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъ.\nГьеб битӏарабги буго. Араб анкьалда гьел рагӏабазул магӏна дагьабги загьирлъана.\nГӏедегӏулел рукӏана Савдат-эбелалъухъе. Гьеле гьей хӏикматай хӏурулгӏиналъ Гӏабасил Махӏамадил цӏар лъуна цӏвабзазда аскӏоб. Жакъаги гьелъухъе рачӏунел руго, шагӏирасда цадахъ гьелъ гӏумруялъго бараб ва киданиги жинхъе унеб нухда чӏахӏ бижизе гьечӏеб гӏаданлъиялъул сиялъухъе. Гьеб сидул щибаб ганчӏилги буго жиндирго къиса. Гӏадамазде бугеб хӏалхьолареб рокьул къиса.\nРакьалда бугеб алжанилан абун Гӏабасилас тараб гьесул Лъагӏилухъ росулъе гӏедегӏун рачӏунел рукӏана магӏарулалги цогидаб миллаталъул вакилзаби-шагӏирзабиги. Гьесул цӏар кьураб росдал школалда рагьулеб букӏана Россиялъул мустахӏикъав художник Гӏали Мухӏамадовас шагӏирасе гьабураб памятник-бюст.\nМугӏрузда тӏибитӏун бугеб магӏарулллъиялъул гьуинаб махӏги цӏулаго, кӏичӏ-кӏичӏарал нухалги нахъа толаго, щвана Лъагӏилухъе. Гьенире гӏагарлъанагӏан, дандего бачӏунеб бугин кколеб букӏана шагӏирасул рухӏ, рагӏулеб букӏана гьесул гьаракь.\nГьалеха, макъратӏисалъ кинигин, жиндехунго гӏадамал цӏалеб авар поэзиялъул гучаб рукъ, Гӏабасиласул мина:\n— Дир рукъ бечелъула,\nбаче кверилан,\nКисаниги гьобол рагьде вахани.\nБугӏун бакъул цӏола,\nдухъе щванил\nЩибулев вугеван\nгьудул вачӏани…\nГьале жакъаги Гӏабасиласул гъасда бакараб цӏадухъе вачӏанщинав чи – унго-унгоги букӏараб берцинаб горсвери шагӏирасул гъанситохъ. Гьале гьадинаб гӏумруялъул берцинаб ахирги ракьалда тун арав шагӏирасухъ урхъараз цӏуна азбар- къоно. Гьадале гьадал тӏаде ралагьарал рорхатал мугӏрузги согӏал кьураби-парсазги цадахъ лъугьун гъолеб букӏун батила шагӏирасул асаразда рухӏги. Гьале росдал сухъмахъалги. Гьанисан, лъимерлъиялъул чангиталъ хадувги цӏан, чанги хьвадун ватила халкъияв шагӏир. Гьадале гьадаб, рукъалде тӏаде балагьараб гӏажаибаб берцинлъиялъул гогьаралъул мегӏералъул тӏогьисан, тӏолабго Аваристаналда рагӏиледухъ, гӏадамазде бугеб гьалдолеб рокьул цӏураб керенги рагьун ахӏараб шагӏирас:\n— Халкъги Ватӏанги кколев,\nКкани, ахӏуд вахъунев,\nБачӏани, кечӏ ахӏулев –\nДун росулъа вас вуго… — ян\nГӏабасилав абадиялъе хутӏана росулъа васлъун.\nГьале тӏаде щвана шагӏир чӏаго гьавулеб лахӏзат. Шагӏирасул хӏурулгӏин Савдатица рагьана памятник. Гьениб букӏана Савдатил магӏуги, гӏадамазул рохелги, шагӏирзабазул шагӏирасде бугеб рокьиги. Кодоб пандурги ккун, хъахӏабросулъевги щвана тӏаде. Заманалдасан Камилил Баширги гӏунтӏана. Гӏакаро магӏарда гӏунарай Сабацаги бицана жиндирго рокьул къиса.\nГӏабасиласул асаразул багьадурзаби гьоболлъухъ ахӏун рукӏана росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз ва Авар театралъул актераз. Гьез рихьизаруна шагӏирасул пьесабаздаса бутӏаби. Хадур данделъана росдал клубалде. Берцинаб байрамалде сверана шагӏир ракӏалде щвезавиялъул къо.\nГӏабасиласул шигӏрабазул улкаялъул даимал гьалбаллъун ругел магӏарул шагӏирзабаз рикӏкӏана гьесие сайгъат гьарурал кучӏдул, бицана гьесул гӏумруялъул ва творчестовоялъул хӏакъалъулъ.\nРагьана памятник. Цӏидасанги цӏилъана шагӏирасде бугеб рокьи. Дагьабги гьелегьана гьесул гъанситохъ бакараб гьудуллъиялъулги адабияталъулги цӏа.\nВа кечӏ рикӏкӏунев вугев шигӏи- расул гьаракьалъ нуха регӏана гьалбал:\n— Зобал тӏаса лъугьа\nдир гӏанчӏлъиялда —\nГӏумруялъ къуличӏеб\nдир бетӏералда,\nАзарго как бугеб дуниялалда\nДицаго ургъараб\nрокьул диналда.\nТӏадруссунел руго Лъагӏилухъа. Нахъехун толел руго шагӏирасул шигӏраби тӏегьарал, тӏирщарал расалъабиги, мугӏрул-щобалги, даимлъиялде араб шагӏирасул тӏадегӏанаб цӏар дандерижилъун гаргадарал росдал къватӏалги, гьенире гӏадамал къабул гьарулел сухъмахъалги:\n— Дун гӏоле-гӏолезул\nгӏолилав вуго,\nГӏолохъанлъи гӏадаб\nгӏумру лъаларо;\nГӏанчӏал хиялазул\nнухлулав вуго,\nНухтӏа вукӏин гӏадаб\nрохел лъаларо…\nЖакъаги нухда сапаралъ вуго шагӏир. Гӏадамазул ракӏазулъе лъураб рокьул кьолъун ругел гьесул асарал жакъаги гара-чӏварулел руго нилъгун.\nЛъугӏана халкъияв шагӏирасулгун букӏараб иргадулаб дандчӏвай. Гьеб букӏана Гӏабасиласулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб иргадулаб лахӏзатги. Гӏумруги хвелги. Авалги ахирги. Къисматги къисаги. Рохелги магӏуги. Дандчӏвайги ратӏалъиги. Гьеб кинабгоги цолъун лъугьараб шагӏирасул гъасда бакӏараб цӏаялъ цӏидасанги нухарегӏана гьалбал."}
{"slug": "9484-khunzderil-khindall-iyalda-barab-tso-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9484-khunzderil-khindall-iyalda-barab-tso-k-o", "title": "Хунздерил хьиндаллъиялда бараб цо къо", "date": "2020-09-14 06:47:56", "categories": ["insan"], "text": "Арал гӏодоркъояз «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз сапар гьабуна, магӏарулазул халкъияв шагӏир ва гьунар бугев драматург Гӏабасил Махӏамадил ватӏаналде. Лъагӏилухъ росдал школалъул азбаралда, гьев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда, монумент рагьулеб тадбиралде ахӏун рукӏана ниж. Гьеб тадбиралъул хӏакъалъулъ Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъала гьаб газеталъул 6-абилеб гьумералда бахъун бугелъул, дица бицина дидаго бихьа-таралъул.\nГьанжелъагӏан бицунеб рагӏун букӏаниги, исана тӏоцеве щвана дун Гӏабасил Махӏамадил росулъе. Тӏоцебесеб сапаралъ гьабулеб асарги ракӏалдаса унареб букӏунелъул, пикру ккана гьелъул хӏакъалъулъ нужееги бицине.\nЛъагӏилухъе ниж ана Кьохъан. Кьахъадерил ахазде тӏаде балагьараб бакӏалде щведал, гьаб бакӏалда жинца цо кечӏ рикӏкӏине кколин кӏалъана цадахъ ийкӏарай тележурналист Хатимат Мухӏамадова.\nТӏабигӏат берцинаб бакӏалда буго Лъагӏилухъ. Хунздерил тӏалъиялдаса тӏурал гьитӏинав вацал гӏадин руго Харахьиги, гьелдаса гӏемер рикӏкӏада гьечӏого — Лъагӏилухъги. Лъарагӏлъиялда гӏадин дуз битӏараб гьечӏониги, гьава бакъ-рекъараб, гьобол-гьудуласе асар гьабулеб хьиндаллъи бугоан гьеб.\nГӏабасил Махӏамадил минаялде гӏагарлъулаго, цо тамашаяб асаралъ кверде восана. Дида гьев вихьун лъалев чиги вукӏинчӏо. Инсул, цадахъ хӏалтӏулезул биценаздасан лъалаан кутакалда гӏадан хирияв, гьобол-гьудуласул адаб бугев чи вукӏанилан. Гьанже гурони гьанже гьев дандчӏвазе ватилин абураб гӏадин букӏана ракӏ. Амма Гӏабасилас дандчӏвай гьабичӏо. Азбарин абун цӏун букӏана гьалбадерица. Рагьдухъ тӏибитӏун букӏана белъунеб гьаналги, бежулеб чадилги махӏ. Цоцалъ ран гаргадулел руччабазул хъуй, бихьиназул релъигун махсараби.\nГӏажаибго рекӏее гӏуна дие Савдат-эбелги. Вачӏа-вачӏарасда хӏеренго кӏалъалей, щиб гьезда цебе лъелеб, кир гьел гӏодор чӏезе гьарилелали лъаларого йикӏана гьей. Киназего бокьун бугоан гьелда аскӏор гӏодор чӏезе, гьелъул рекӏелъ рекъолеб хабар бицун гьей йохизайизе ва гьелда аскӏор чӏун суратал рахъизе. Амма, «херай жиндир бахъичӏого, нужерго бахъе сурат», — иланги абун, инкар гьабизе къасд гьабулебги букӏана гьелъ. Кисаха толей нилъер гӏанчӏал руччабаз, Савдат- эбелалда къвал базе щвараб лахӏзат тарихалде унеб хӏисаб букӏана гьезул.\nКиназулго мурад тӏубан хадубгӏаги гьелда кӏалъазе санагӏат рекъелародайилан вукӏарав дун, кваназе ахӏана цо гӏолохъанчияс. «Гьедин чӏани дуе хадуб хӏанчӏизе хинкӏ щоларинги» абун, гӏедегӏинавуна гьес. Бертаде гӏадин къачӏана бугоан Гӏабасиласул гӏатӏидаб азабаралда кванил тепси. Гьарзаго букӏана столалда тӏибитӏараб нигӏмат.\nЦогидаз гӏемер бицунеб рагӏун, цебего хиял лъун букӏараб Гӏабасил Махӏамил музеялдеги щвана. Гьединаб бечедаб музей магӏарухъниги щиб гурин, республикаялъул шагьараздацин батиларин ккана ракӏалде. Хӏайран гьавуна Гӏабасиласул библиотекалъги. Тӏубар гӏумруялъ гьес данде гьарурал тӏахьазул ункъабго къед цӏурал полкабаз кутакаб асар гьабуна. Умумузул кини-рощеналдаса бахъараб, буртинаялде щун камураб алатги, цӏа-рагӏги, къайи-цӏаги гьечӏоан гьениб. Киса-кибго бихьулеб букӏана Гӏабасил Махӏамадил лъалкӏ, гьесул кверзул рагъари.\nМашгьурав шагӏирасул минаялдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого буго, гьесул цӏар кьураб росдал школаги. Кӏиго соналъ цебе, тохлъукьего цӏаги ккун, бухӏун букӏараб басрияб школалъул бакӏалда эхетун буго, гьанже заманалъул киналго цӏалул сурасатаздалъун хьезабураб кӏитӏалаяб мина. Школалде лъугьарабго буго Гӏабасиласул гӏумруялъул лахӏзатазул бицунел рикӏкӏен гӏемерал суратаз къалъизабураб стенд. Кӏиго соналда жаниб эхетанин школалъе цӏияб минайин бицана директор Бегасги. Гьевгун цадахъ щибаб классалдеги щвана. Авар мацӏалъул ва маданияталъул дарсал кьолеб рокъор «къ, кь, лъ, чӏ» хӏарпал хъварал игӏланазда цере лъалхъунги хутӏана. Ракӏалдещвеяз лъимерлъудеги рачана.\nБакъанидехун гьалбал нахъеги кванил столалде нахъе ахӏана Гӏабасиласул гӏагарлъиялъ. Гьуинаб хабарги, Гӏалихӏажи Мухӏамадовас ахӏулеб кочӏол гьаракьги, руччабазул разияб релъи-хъуялъги цӏун букӏана сверухълъи. Амма кинабго жоялъул ахир букӏунеб гӏадин, гьеб дандеруссиналъеги заман щвана биххизе. Савдат-эбелалъеги, гье- лъул гӏага-божаразеги баркалаги кьун, ниж къватӏире рахъана.\nТӏадруссутӏа нижер нух букӏана хунздерил тӏалъиги къотӏун. Херехьдерил магъилъе щваралго хер бецулел гӏадамалги ратана. Гӏарахъ гьабулел ратарал бихьиназе саламги кьун: «Цебегоялдаса нахъе лъен кодобе босун букӏинчӏо», — янги абун, гьезда аскӏове ана газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов. Ва кӏвараб кумекги гьабуна.\nМаркӏачӏул как ахӏулеб гӏу- жалдехун Макьасде рахунеб габурлъухъе щвана ниж. Гӏурдада какалги ран, хунздерил тӏалъиялъе бетӏерги къулун, сардил бецӏлъиги хъвалхьунаго гьаругьинан тахшагьаралде нахъ руссана…"}
{"slug": "9486-tsol-iyal-ul-tarikhiyab-bajbikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9486-tsol-iyal-ul-tarikhiyab-bajbikhi", "title": "Цолъиялъул тарихияб байбихьи", "date": "2020-09-14 07:03:26", "categories": ["rel"], "text": "Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гӏадамаз гӏумру гьабизе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батӏи-батӏиял къавмаздаса гӏуцӏараб халкъалъ нахъа тана цӏар араб, бахӏарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетӏеялъулъ ккана кӏуди-кӏудиял хиса-басиял. Берцинаб тӏабигӏаталъги, ракӏ рагьарал гӏадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугӏрул) абулеб ракьалде магърибалдасаги машрикъалдасаги гӏалимзабазулги гӏадатиял гӏадамазулги пикру цӏалеб букӏана. Гьединаб гьитӏинаб, амма гӏемерал миллатазул гӏадамаз гӏумру гьабулеб ралъдал рагӏалда бугеб нилъер ватӏан киназего бокьулаан жидераблъунго букӏине. Расул Хӏамзатовас гьелъул бицунаго, «Дир Дагъистан» тӏехьалда хъвана: «Дагъистаналъул доб заманалъул тарих цӏалун хадуб дир инсуца абуна гьеб бугила гьекъолдухъабаз столалда нахъа цоцахъе кьолеб лълъарилан».\nГьединаб кверщел гьабиялъул мурад букӏана 1741 соналъул 12 сентябралда Дагъистаналде 100 азарго чиясдаса гӏуцӏараб аскаргун тӏаде кӏанцӏарав Ираналъул Надир-шагьасулги. Кинаб хӏасил гьеб рагъул ккарабали лъаларев чи Дагъистаналда ватиларо. Шагь, гъурараб аскарги тун, тӏурун ворчӏана. Гьелдаса нахъе кӏигогун бащдаб гӏасру ун хадуб Хицӏиб абулеб бакӏалда гӏуцӏун буго гьеб рагъул хӏакъикъат бицунеб, Россиялдаго цохӏо бугеб музейги. Жакъаги магӏарухъ абулеб рагӏула «Надир-шагь гӏадаллъун ватани, дагъистаниялгун рагъде виччай» — илан абураб кици. Гьеб рагъулъ якъинго бихьана нилъер халкъал тушманасде данде, миллат батӏа гьабичӏого, рухӏалда барахщичӏого, къеркьолел рукӏараб куц.\nДагъистаналъул халкъазул III съезд – цолъи щула гьабиялъе аслу\nГьеб лъугьа-бахъин ккана 2010 соналъул 15 декабралда тӏобитӏараб Дагъистаналъул халкъазул III съездалда республикаялъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун 15 сентябрь чӏезабиялъе гӏиллалъунги. Гьеб букӏана XХӀ гӏасруялъул байбихьуда нилъер халкъал цоцалъ разаризе бокьарал цо-цо мунапикъзаби раккараб заман. Хӏажат букӏана миллатазда гьоркьоб цолъи щула гьабизе. Гьеб пикруги загьир гьабун кагътал рачӏунел рукӏана республикаялъул нухмалъулезухъеги. Ракӏалда буго, гьединаб хитӏаб букӏана Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул, Миллияб политикаялъул министерствоялъул ва гьединго Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул нухмалъулезул. Гьелдаса хадуб, тӏадехун рехсохъе, съездалъул халгьабиялде босараб гьеб суалалда тӏасан хӏукму къотӏана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун чӏезабизе 15 сентябрь.\n2011 соналдаса байбихьун, щибаб соналда гьеб къо кӏодоги гьабула республикаялъул росабалъ ва шагьаразда.\nГьеб къоялъул магӏна буго Дагъистаналъул халкъазул цоцадехун бугеб божилъи щула гьаби, гьел цолъизари, гӏицӏго гьелъул кьучӏалда гурони республикаялъул экономикияб ва социалияб цебетӏей букӏунарилан абураб.\nДагъистаналъул халкъазул миллияб цолъи цебе тӏуна батӏи-батӏиял геополитикиял ва экономикиял шартӏазда, гьез цогояб, гӏемер кӏудияб гуреб ракьалда цадахъаб гӏумру гьабулаго. Гьединлъидал жакъа нилъер рес буго нилъер халкъазул тӏолгодагъистаналъулаб цоцазда релълъен ва бичӏчӏи буголъи загьир гьабизе. Гьелъул кьучӏалда бижула тӏолгороссиялъулаб цогогӏадаб гъорлъ роси, мацӏал, адабият ва маданият цӏуни. Гьелда жаниб кумекалъе батулеб аслияб жо ккола нилъер гӏумрудулал ва миллиял мурадал данде ккей.\nГьединлъидал республикаялда нухмалъулезги хӏаракат бахъула цо миллаталъул хасал мурадал, масъалаби цогидал миллатазе заралги ккезабун гӏумруялде рахъинарунгутӏизе. Гьелде тӏадеги, цадахъаб цебетӏеялъулъ киналго республикаялъул миллатал цолъана цогояб, жидер хадусеб журарал ригьнал гьари тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб букӏиналъ ва гьединго цогоял экономикаялъул ва политикаялъул шартӏал ругеб гӏумру гьабиялъ.\nБичӏчӏи буголъи\nГьединаб политикаялъ халкъал рачуна цоцазе кумек гьабиялде. Масала, Новолак районалъул росаби цо пуланаб гӏиллаялдалъун цогидаб ракьалде гочинаризе ккараб мехалъ, лъарагӏаз, Дагъистаналъул халкъиял депутутазул III съездалъул хӏукмуялдалъун 1991 соналда гьезие гьанжесеб Хъумторхъала районалъул ракьазул рахъалдасан кумек гьабуна. Гьеб ккола халкъазда гьоркьоб цоцада ричӏчӏи букӏиналъул хӏасил. Гьединал мисалалги рукӏаго, жакъа республикаялъул районазул цо-цо росабазда гьоркьоб гьитӏинаб ракьул кесек, лъел ицц сабаблъун кколел дагӏба-рагӏиял къотӏизаризе Махӏачхъалаялдаса хӏакимзабиги ахӏун, тушманлъиялде иш ккезабизе бегьиладай нилъеца?\nДагъистаналъул халкъазул цолъиялъул суалалде гӏелмияб кӏвар бусинабурав машгьурав гӏалимчи, профессор, мунагьал чураяв Р.М. Мухӏамадовас хъвана: «Дагъистаналъул халкъазул тарих цоцалъ жубан буго бокьараб цо миллат букӏиналъе шартӏлъун киналниги цогидал миллатал чара гьечӏого рукӏине ккеялъул даражаялде щвезегӏан», — ян.\nЦо чанго соналъ цебе гӏуцӏараб Россиялъул президентасул «Россиялъул миллатазул цолъи щула гьабиялъе гӏоло» премия нилъер ракьцояв М. Мухӏамадовасе кьейги буго нилъер халкъазул цолъиялъул мисал.\nПалхӏасил, нилъер республикаялда халкъазул цолъиялъе сунца кумек гьабулебилан абураб суалалъе жаваблъун гьабизе бегьула:\nЦониги миллаталда битӏахъегояб бухьен гьечӏеб, киналго халкъал цолъизарулеб Дагъистан абураб цӏар букӏиналъ.\nКиналниги халкъазул вакилзабаз Дагъистан цогояб, жубараб гӏуцӏи хӏисабалда къабул гьабулеб букӏиналъ.\nРеспубликаялда ругел батӏи- батӏиял диназда гьоркьоб гъваридаб цоцазда ричӏчӏи лъугьиналъ.\nХалкъазда гьоркьоб хӏалтӏулеб, киназулго мурадал тӏубалеб цо мацӏ букӏиналъ.\nРоссиялъул Федерациялде гъорлъ киналго журан ратиялъ.\nКиналниги халкъазул лъай, тарбия кьеялъул иш цогояб букӏиналъ.\nХалкъазул гӏадатал, хьвада- чӏвади релълъараб букӏиналъ.\nМиллатазда гьоркьор журарал ригьнал рукӏиналъ."}
{"slug": "9499-khasavyurtal-ul-tsiiyav-mer", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9499-khasavyurtal-ul-tsiiyav-mer", "title": "Хасавюрталъул цӏияв мэр", "date": "2020-09-21 07:53:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралъул бетӏерлъун бакӏалъулал депутатаз вищана Коргъоли Коргъолиев.\nГьесде щвезегӏан (2015 соналдаса нахъе) гьеб хъулухъалда вукӏана Буртунаялдаса Зайнудин Охъмазов.\nКоргъолиевги гьенисаго ккола.\nХасавюрт шагьаралъул сайталда хъвавухъе, мэрасул хъу- лухъалде кандидатураби лъун рукӏана 13 чияс. Гьезул анлъгоясе инкар гьабуна комиссиялъ, хадуб лъабго кандидатасги нахъе росана жидерго документал.\nКоргъолиев гьавуна 1976 соналда. 2015 соналда гьев тӏамуна халкъазда гьоркьосеб политикаялъулгун жамгӏияталъул бухьеназул рахъалъ Хасавюрт шагьаралъул администрациялда цебе рагьараб отделалъул нухмалъулевлъун.\nНахъисеб соналда гьев тӏамуна ДРялъул Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министерствоялъул управлениялъул начальникасул заместительлъун.\n2017 соналъул ихдал гьесда тӏадкъана Хасавюрт шагьаралъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместителасул хъулухъ.\n«Хӏакъикъат» газеталъ ракӏ- ракӏалъ баркула Коргъоли Коргъолиевасда цӏияб хъулухъ ва гьарула халкъалъе пайдаяб, баракатаб бата- гийин гьебилан."}
{"slug": "9502-kishchni-k-ulal-nakh-egi-akhii-bakh-inabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9502-kishchni-k-ulal-nakh-egi-akhii-bakh-inabuna", "title": "Кьищни-къулалъ нахъеги «ахӏи» бахъинабуна", "date": "2020-09-21 08:44:31", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялдагун Каспийскиялда бугеб кьищни-къулалъул суал гьоркьоб лъураб данделъи тӏобитӏана гьал къоязда, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Хизри Шихсагӏидовас. Нилъер гьанир шагьаралъул бутӏрул хисула, кьищнийин абуни бугелъубго хутӏулин абун гӏайиб гьабун кӏалъана спикер.\nШихсагӏидовас кӏвар буссинабун бугин гьеб суалалдеян абураб хӏужаялда хурхинабун кьолеб гьечӏо нижеца гьаб баян газеталдасан. Кьищни-къулалъул гъуназул цӏун ругел Махӏачхъалаялъулги Каспийскиялъулги къватӏал нижер щивасдаги рихьула.\nЦебеккун киданиги гьединаб хӏалкъай букӏинчӏеб Каспийск шагьаралда магъакь-кӏачаралъул гъунал рихьидал, караххун лъугьана гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамал.\nГьанжелъагӏан нилъерго гьаниб бугеб кьищни-къул бакӏарулеб компаниялъ гьабулеб букӏараб хӏалтӏи, Махӏачхъалаялда бугеб «Лидер» компаниялъухъе кьезе щиб гӏиллайин букӏарабилан хъуй букӏана гӏадамазул.\nГьеб компаниялъул вакиласухъе кӏалъайдал, гьес абуна цохӏо нужер азбаралъуб гуребги кибго бугин нахъе бакӏаричӏого кьищни.\n— Гьеб хъулухъ тӏубалел хӏал-тӏухъабаз жакъа инкар гьабуна хӏалтӏуде рахъине. Харж дагьаб бугин чӏун руго гьел. Амма ургъел ккоге, метералде нужер гьениса кинабго кьищни бакӏаризе буго, — ян бицана гьес.\nАбизе ккола, хӏакъикъаталдаги нахъисеб къоялъ кинабго гӏала-гъважаялъул гъуни нахъе бакӏарана гьез. Гьеб букӏана гьаб анкьалъул байбихьуда, сентябралъул 13-14 къоял.\nПарламенталъул спикерасул рагӏабазда рекъон, Каспийскиялда цо-цо бакӏазда нахъе жеги бакӏаричӏого буго рищни-къул. Жив ралъдал рагӏалда ругел къватӏазде щун вукӏанин, бихьизе нечараб хӏал бугоанин гьениб."}
{"slug": "9505-gudull-iyal-ul-kalbazda-kavu-chivalaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9505-gudull-iyal-ul-kalbazda-kavu-chivalaro", "title": "Гьудуллъиялъул кьалбазда кьаву чӏваларо", "date": "2020-09-21 08:55:22", "categories": ["obrazovanie"], "text": "14 сентябралда Махӏачхъалаялъул №9 школалда данделъун рукӏана Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул байрам кӏодо гьабизе.\nЦӏалдохъабигун дандчӏвазе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул председателасул заместитель, республикаялъул «Дагъистан» басмаханаялъул директор Гӏумаргӏусман Хӏажиев, «Россиялъул халкъазул ассамблея» гӏуцӏиялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясов ва «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.\nБайрамалъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицана школалъул директор Шамсигат Насрулаевалъ.\n— Жакъа нилъеца бицине буго Да-гъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъулги цолъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьелъулъ буго нилъер къуват. Гьеб нилъеца ракӏалде щвезабула сана-йил, 15 сентябралда. Гьеб байрам дандеккезабун буго Дагъистаналъул халкъалъ Надир-шагьасда тӏад бергьенлъи босараб къоялде. Нилъеда бихьулеб буго киналго заманабаз халкъазул букӏараб гьудуллъи, — ян бицана Ш. Насрулаевалъ.\nКӏалъазе вахъарав Гӏ. Хӏажиевас цӏалдохъабазе бицана дагъистаниязул цолъиялъул хӏакъалъулъ:\n— Цолъиялъги гьудуллъиялъги ккун руго нилъер халкъал. Миллат цӏехечӏого, гӏасрабаз гьудуллъиялда гӏумру гьабулеб буго нилъеца. Дир кӏудияб гьари буго нужеде, лъимал. Цӏуне нилъее умумуз ирсалъе тараб гьудуллъи. Гьеб загӏиплъани, загӏиплъула Дагъистан, — илан абуна гьес ва школалъе сайгъат гьаруна «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччарал тӏахьалги.\nЗ. Ильясовас цӏалдохъабазе бицана Россиялъул халкъазул ассамблеялъул ва гьелда цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ.\n— Цӏуне мацӏ, цӏуне миллат, миллаталъул гӏадаталги гӏамалалги. Дунялалъего мисаллъун буго Дагъистанги Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиги. Мустахӏикъаллъун рукӏа гьединаб гьудуллъиялъе. Гьудуллъиялъул кьалбазда кьаву чӏвазе тоге, — ян абуна гьес.\nШ. Хъазанбиевалъги бицана рахьдал мацӏазул бугеб кӏваралъул.\n— Дида гьикъани ватӏан сундаса байбихьулебилан, дица абилаан рахьдал мацӏалдасайилан. Гьеб мацӏалда ахӏараб кечӏалъ нухарегӏула нилъ кӏудияб дунялалде. Гьеб мацӏалъул адаб тани, рилула нилъ, билула нилъее гӏагараб Дагъистан. Дагъистаналъул халкъазул цолъи жакъаги буго дунялалъе кӏудияб мисаллъун. Дагъистаналъул гьудуллъиялъул ва букӏинеселъул кӏул нужехъ буго. Тоге гьеб билизе, — ян бицана гьелъ.\nГьединго кӏалъазе рахъана школалъул учительзабиги. Гьезги загьир гьаруна байрамалъул хӏакъалъулъ жидерго пикраби."}
{"slug": "9512-khialutsin-tsiikikiarab-zaman-bachiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9512-khialutsin-tsiikikiarab-zaman-bachiana", "title": "Хӏалуцин цӏикӏкӏараб заман бачӏана", "date": "2020-09-21 09:43:24", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталъул (ДИРО) гӏаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул заведующая, психологиял гӏелмабазул кандидат Гулжан Тажудиновалъ «Хӏакъикъаталъе» бицана аслиял масъалабазулги гьел тӏуразариялъе гьарулел тадбиразулги хӏакъалъулъ.\nНижер баян:\nГулжан Тажудиновалъ лъугӏизабуна ДГПУялъул биологиялъулгун химиялъул факультет. 1997-2001 соназда цӏалана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул аспирантураялда. Цӏунана психологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1994 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго ДГПУялда, 2006 соналдаса нахъе – ДИРОялда доцентлъун. 2018 соналда йикӏана профессионалиябгун тӏадеги лъай кьей цебетӏезабиялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун ва 2020 соналъул июналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго гӏаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун.\n– Гулжан, дуца нухмалъи гьабулеб кафедраялъул аслияб хӏалтӏи щиб кколеб?\n– Кафедраялъе нухмалъи гьабун гӏемер заман инчӏониги, гьелъул хӏалтӏи дие цӏияб кколаро. Аслияб иш ккола проектал гӏумруялде рахъинари, программаби хӏадур гьари, лъай кьеялъул идарабазе гӏелмиябгун методикияб кумек гьаби.\nУчительзабазе кумек гьабула лъай камил гьабиялъул курсазда. Гьел гӏуцӏула очно ва заочно. Учительзаби рачуна хӏалбихьи цӏикӏкӏарал психологазул дарсазде. Кафедраялъ тӏоритӏула мастер-классалгун тренингал. Курсазда рес щола ишцоязул хӏалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизеги.\nКафедраялда буго социалиялгун психологиял цӏех-рехал гьарулеб лаборатория. Гьелъие нухмалъи гьабула психологиял гӏелмабазул доктор Анжела Дамадановалъ. Лабораториялъ цӏех-рехал гӏуцӏула федералиял проектазда рекъон. Гьезул кьучӏалда чӏезабула цӏалдохъабазул психикаялъул ахӏвал-хӏал ва хал гьабула наркотиказде бугеб бербалагьиялъул.\nКафедра гӏахьаллъула федералиялгун регионалиял проектал гӏумруялде рахъинариялъулъ. Гье-лъул буго учительзабазул, ай педагогал-психологазул лъай камил гьабиялъул 30 батӏияб программа. Буго цӏияб махщалие педагогал куцазе рес кьолеб щуго программаги (логопед, педагог-психолог, социалияв педагог, дефектолог, библиотекарь). Программаби цӏи гьарула, камуларо тӏадежураялги. Календарияб планалда рекъон гӏумруялде бахъинабула 13 программа.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул тӏадкъаялда рекъон, кафедраялда тӏоритӏула батӏи-батӏиял курсал: медитациялъул, скулшутингалъул (къватӏиса чияс яги пуланав цӏалдохъанас классалда яги школалда ругел цӏалдохъабазде кодоб ярагъгун гьужум гьабуни, щиб гьабизе кколебали малъулеб курс), суицидалъукьа цӏуниялъул, рагъулал лъугьа-бахъинал ккарал бакӏаздаса тӏад руссарал лъималазул реабилитация гьабиялъул. Масала, хӏадурун ва цӏалулгун методикияб советалда цебелъезе къачӏан буго «Школа приемных родителей» абураб программа. Гьелъул кьучӏалда кумек гьабизе буго бесдалал яги лъимерлъудасаго сакъатал лъимал хьихьизе рачарал хъизамазе.\nХӏалтӏул чара гьечӏеб бутӏа ккола лъай кьеялъул идарабазе хӏажатаб литература басмаялде бахъиги психологиялъулгун педагогикаялъул конкурсал гӏуцӏиги.\n– Масала?\n– Масала, «Дагъистаналъул бищун лъикӏав педагог-психолог», «Дагъистаналъул бищун лъикӏав социалияв педагог», «Бищун лъикӏав педагог-библиотекарь» ва «Бищун лъикӏаб библиотека». Ракӏалда буго дефектологазда гьоркьобги къец тӏобитӏизе. Хӏадурун буго гьелъул проект.\n– ДГПУялдаги ДИРОялдаги хӏалтӏула мун. Кинаб батӏалъи бугеб гьезда гьоркьоб?\n– 2006 соналдаса нахъе хӏалтӏула дун гьаний. ДИРО дида бихьула «гьалдолеб росдал хьаглъун». Гьаниб кидаго гьабулеб букӏуна цо щибниги жо: конкурсал, командировкаби, планалда ругел ва планалда гьечӏел курсал, «Багӏараб зонаялде» яги «Точка роста» абураб тарихазулаб централде сапарал, дандчӏваял… Карантин сабаблъун хӏалтӏи гӏуцӏизе ккана рикӏкӏадасан, амма планалда букӏахъе – онлайн-дарсал, малъа-хъваял, ай бухьен тӏезе течӏо.\nДИРОялъул нухмалъиялъ гӏуцӏула киналго хӏажатал шартӏал. Дир пикруялда, Хӏамзат Жамалудинов ректорасул хъулухъалде ккеялъул пайда гӏемерлъана – педагогияб хӏалтӏул кӏудияб хӏалбихьи букӏин гуребги, гьанжезаманалъул тӏалабазда ре-\nкъон хӏалтӏизеги бажари буго гье-сул. Жиндаго сверухъ ишцоязул гъункараб къокъа цолъизабизе бажариялъги хӏалтӏи цебе туркӏизабула.\n– Кафедраялъул «къуват» гӏолищ цӏиял тӏалабазда рекъон хӏалтӏизе?\n– Нижер хӏалтӏухъаби руго гӏемерал соназул хӏалбихьи бугел, гӏелмабазул кандидаталги докто-ралги. Цо-цо курсазе махщелчагӏи ахӏула цогидал бакӏаздаса. Масала, нижер гьечӏо дефектолог, логопед, медитациялъул рахъалъ махщелчи, лагералъул вожатый.\n– Гӏумруялда хӏалтӏизабизе кканищ психологияб лъай, масала, дурго мурад тӏубазабизе?\n– Киданиги, хасго цебеккунго гьелда тӏадги ургъун, я гӏадамазул хӏукмуялде, я гьезул рекӏел асаралде психологияб тӏадецуй гьабичӏо дица. Гьеб буго цӏакъ бегьулареб, хӏатта хӏинкъи цӏикӏкӏараб иш.\n– Гӏемер чияс кумек гьарулеб батила…\n– Камуларо гьединал. Кумекги гьабула. Амма захӏмалъула дирго рекӏее асар гьабулел гӏадамазе кумек гьаби. Масала, дир лъималазе, дие хириял чагӏазе. Психологасул хӏалтӏи букӏине ккола рекӏел асараздаса эркенаблъун. Лъималазул яги яц-вацасул масъала дирго рекӏелъе биччангутӏизе бажаруларо. Гьединлъидал гӏагарал чагӏазе кумекалъе яхъине рес букӏунаро.\nПсихологияб кумек гьабиялъухъ гӏарацги босуларо дица. Гьединаб буго дир принцип.\n– Кинаб гӏакълу кьелеб цӏалдолезе?\n– Психологас киданиги кьоларо гӏакълу. Гьес гӏицӏго кумек гьабула цебечӏараб масъалаялъухъ батӏияб рахъалдасан балагьизе ва бугеб ахӏвал-хӏал хисизабиялъе ресал ратизе."}
{"slug": "9517-bakhiarchil-i-bichun-bosularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9517-bakhiarchil-i-bichun-bosularo", "title": "Бахӏарчилъи бичун босуларо", "date": "2020-09-21 10:49:28", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Дагъистаналъул халкъ кидаго машгьураблъун букӏана ба-хӏарчилъиялдалъун, цоцазде бугеб божилъиялдалъун, гӏагараб ракь хиралъиялдалъун, эркенлъиялъе гӏоло гӏумру кьезе хӏадурал рукӏиналдалъун. Гьеб кинабго якъинго бихьана 1999 соналъул лъугьа-бахъиназдасанги.\nДоб мехалда РФялъул президент Владимир Путиница абун букӏана гьадин:\n«Хӏажалъи ккедал, гӏагараб республикаялъул гуребги, тӏолабго улкаялъулго къисмат жидерго биялдалъун цӏунана дагъистанияз. Гьеб буго тӏолабго Россияго гьезие ракӏ-ракӏалъ бокьулеб букӏиналъул мисал. Нужеца бихьизабуна унго-унгояб гӏамал-хасият: бихьинчилъи, сабруялда ракӏчӏей, къвакӏи, къуркьи гьечӏеб къуват. Россиялда киданиги кӏоченаро нужеца гьабураб иш. Дагъистаналъ Россия хвасар гьабуна», — ян.\nГьадинаб къимат кьуна дол лъугьа-бахъиназе Северияб Кавказалъул рагъулаб округалъул бетӏерав командующийлъун вукӏарав генерал-полковник Виктор Казанцевас:\n«Сундулъго загьирлъулеб букӏана Дагъистаналъул халкъалъ бихьизабураб бихьинчилъи. Армиялъ, милициялъ, цогидалги къуваталъулал гӏуцӏабаз цолъун тӏубазабулеб букӏана цо масъала. Амма ниж киданиги бергьинароан Дагъистаналъул халкъалъул кумек букӏинчӏебани. Лъиданиги ва киданиги кӏвезе гьечӏо дагъистаниял накалде ккезаризе».\nГьал тӏадехун рехсаразул рагӏа-би хӏакъикъаталдаги ритӏухъаллъун рукӏин чӏезабуна дол лъугьа-ба-хъиназулъ гӏахьаллъарал нилъер бахӏарзаз.\nРехселин цо мисал. Яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул цӏураб ГАЗ-66 машина, Эчеда майданалъул рахъалдасанги бачӏун, «Дача» абулеб бакӏалда чӏана. Цӏумада районалъул Агъвалибе гьениса лъабго километралъул гурони манзил букӏинчӏо. Гьениб къуваталъул рахъалъ ращалъи гьечӏеб рагъулъ чӏвана милиционерал Закаря Хӏусенов, Сулейман Сапиюлаев ва Буйнакск шагьаралда чӏей букӏараб 102-абилеб бригадаялъул рагъухъан Мухӏамад Берцинаев. Гранатометалдасан кьвагьдон, гьес щущазабуна ва бухӏана ахӏичӏого рачӏунел рукӏарал «гьалбадерил» цӏураб гьеб машина.\nАгъвалире рорчӏизе бажарунгу-тӏиялда ракӏчӏарал гьезул цогидал къокъаби тӏад руссун Эчеда росдал рахъалде ана.\nГьелдаса хадубги Цӏумада районалда ахӏвал-хӏал хӏалуцунеб букӏана. Экстремистазул къокъаялде гьоркьове лъугьун, гьезие бетӏерлъи гьабулев вукӏарав Багьавудин Мухӏамадовас хӏукму гьабуна Да-гъистаналъул ракьалде жанирегӏан, Гьигьалъ росулъехун ине. Гьес гьеб росдал жамагӏаталда гьарана жал, квалквал гьабичӏого, церехун риччайилан.\nГьелдаса хадуб ккаралъул хӏакъалъулъ гьадин ракӏалде щвезабуна гьанже Гьигьалъ росдал администрациялъул бетӏерлъун вугев Рамазан Гъазимухӏамадовас:\n– Доб мехалда дун хӏалтӏулев вукӏана жанисел ишазул райотделалъул госавтоинспекциялъул начальниклъун. Анцӏго хӏалтӏухъанги вачун, дун витӏун вукӏана Чачана-лъулги Дагъистаналъулги гӏорхъода бугеб Чиндих габурлъухъе. Районалъул централдаса ниж гьенире щвана сордо бащалъулеб заманалда. Чиндих габурлъухъан байбихьун, гӏорхъуда щибаб 50-70 метралдасан рухъана хандакъал. Цо-цоял рахчун чӏана чӏахӏиял ганчӏазда нахъа. Радалалде ниж хӏадурлъун рукӏана гьезул гьужум нахъчӏвазе. Нижер щулалъи щущахъ биххизабизе, тӏоцебесеб нухалда хъачагъаз хӏалбихьана радал сагӏат щуго тӏубараб заманалда. Гьеб гӏадада ккезехъин букӏин гьебсагӏатго бичӏчӏун, гьел нахъе къана чачаназул Кенхи росулъехун.\nРайоналъул централде иргадулаб гьужум нахъчӏваралдаса хадуб, Гьигьалъ росдал рахъалдехун рагъулаб тунка-гӏуси ккун бугилан хехаб кагъат щун, гьениве ана доб мехалда росдал бегавуллъун вукӏарав Гӏумарасхӏаб Гъазимухӏамадов.\n– Штабалъул данделъиялда дица гьеб кагъат кьуна полковник Мухӏамад Гӏабдуразакъовичасухъе. Гьигьалъ рахъалдехун нижер ишазе нухмалъиялъе хехго тӏаде щвана полковник Мухӏамад Гӏумаров. Гьигьалъ рахъалдехун ккараб цо рагъулъ чӏвана ОМОНалъулав Закир Султӏанов. Гьев бахӏарчияв ра-гъухъан росуцояв абадиялъ рекӏелъ хутӏиялъе памятникги лъун буго.\nГьигьалъезулгун рагӏи данде ккечӏолъиялъ, гьел кьуркьизаризе кӏвечӏолъиялъ, гьенисан гьужум гьабизе рес ккечӏолъиялъ ццин гьалаглъизабуна Хаттабил. Бицунеб букӏана гьездаса къисас босичӏого теларин жинцайилан гьедун вугин гьев.\nГьигьалъ рахъалдехун лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал лъазабизе гьенибе битӏун бачӏана ДРялъул хӏукуматалъул жавабиял хъулухъазул нухмалъулезул къокъа: ДРялъул Хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул секретарь А. Магьдихӏажиев, ДРялъул жанисел ишазул министр Гӏ. Мухӏамадтӏагьиров, рагъулав комиссар М. Тӏи-намухӏамадов, гражданлъиялъулаб оборонаялъул ва ракӏалдаго гьечӏел ишазул рахъалъ министр\nМ. Хӏажиев.\n1999 соналъул 1 августалда вачӏана Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул заместитель Мухӏамад Гӏумаров. Гьесда цадахъ букӏана милициялъулазул къокъа. Дагъистаналъул жанисел ишазул министр Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасул буюрухъалда рекъон, Гьигьалъ росулъе Загьид Загьидовасул бетӏерлъиялда вачӏана хасаб тӏадкъай тӏубазабулев нусго милиционерги, — ян бицана Гӏ. Гъазимухӏамадовас.\nБахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бициналдасан макъала байбихьун букӏиндал, гьаниб цӏарал рехсарал Мухӏамад Гӏумаров ва Загьид Загьидов, Россиялъул Федерациялъул президентасул указалда рекъон, Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏаралъе мустахӏикълъана.\nАмма милициялъул полковник Мухӏамад Гӏабдуразакъовас инкар гьабуна Бихьинчилъиялъул орденалдаса.\nАхиралдаги чанго рагӏи абила, цӏумадисезда киданиги кӏочене гьечӏин, 1999 соналъул август-сентябралъул лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъун, гӏумруялдаса ратӏалъарал Дагъистаналъул бахӏар-чиял васал, ракьцоял М. Берцинаев, З. Султӏанов, С. Сапиюлаев ва З. Хӏусенов. Гьел бахӏарзазул гьунар мисаллъун букӏина гӏун бачӏунеб гӏелалъе."}
{"slug": "9554-ebelal-ul-sarinal-vatianalde-akhiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9554-ebelal-ul-sarinal-vatianalde-akhiana", "title": "Эбелалъул сариналъ Ватӏаналде ахӏана", "date": "2020-09-28 12:25:01", "categories": ["med"], "text": "Тохтурасда хьолбохъ кидаго букӏуна гӏумруги хвелги. Гьезул даимаб къеркьеялъул нугӏлъун вугев Мухӏамад Имангӏалиевас къойил салам кьола гьезие. Операциялъулаб столалда чанги гӏумру хваликьа бахъун бугониги, Махӏачхъалаялъул №2 больницаялъул бетӏерав тохтурасул рекӏелъ абадияб бакӏ ккун батила коронавирусалде данде гьабулеб къеркьеялъ.\nДунялалъего хӏалуцарал гьел къояз Мухӏамадги гьесул коллективги, цогидал киналгоги тохтурзабиго гӏадин, макьу тун, рахӏат тун, больницаялдаго рукӏана гӏумру гьабун. Гьезда цебе чӏараб масъала букӏана цӏакъго кӏудияб кӏваралъул. Хвалил харицелалъ бецун балеб бугеб гӏумруялъухъги балагьун, угьдулеб тӏабигӏатги тӏабигӏаталъул талихӏкъарал кьеразухъ гӏодулеб гӏумруги, сверухълъиялдаго кӏалгьикъулеб хвелги – гьеб кинабго хӏехьезе Тӏадегӏанас сабру кьурал тохтурзабиги.\nРеспубликаялъе хӏалуцарал дол къояз гӏадамал хвасарлъиялъе гьабураб хӏалтӏухъ Мухӏамад Расуловичги мустахӏикълъана тӏадегӏанаб шапакъаталъе.\nМухӏамадие рахӏат толеб букӏинчӏо Дагъистаналда йигей эбелалъухъ урхъиялъ. Гьесул ракӏ гӏедегӏунеб букӏана ватӏаналде. Цӏакъ бокьун букӏана эбелалъухъе тӏад руссинаризе гӏумруялъ гьелъ жиндиего кьураб гьалдолеб хинлъиялъул гьитӏиналгӏаги къатӏраби. Мухӏамадил пикраби роржунел рукӏана лъимерлъиялъул лъалкӏалги гӏолиллъиялъул расеналги жанир хутӏараб, цӏумазул улкайилан жинда абулеб Цӏумада районалде. Гьале гьаниб, рорхатал мугӏрузул тӏогьазда, чанги кьурдана Мухӏамадил анищал. Гьале гьанисан гьел роржана улкаялъул ракӏлъун кколеб Москва шагьаралде.\nДолдаса нахъе ана гӏемерал сонал…\n1981 соналда Тӏинди росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, Мухӏамад цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, мединституталде. Тӏубана гӏолиласул анищ. 1987 соналда гьев вахъана тохтур-хирурглъун. Гӏолохъанав тохтур хӏалтӏизе ана Калуга шагьаралде. Гьенив ункъо соналъги хӏалтӏун, Мухӏамад ана Москваялде. Лъугьана ординатураялде, лъугӏизабуна аспирантура. Живго хӏалтӏулев вукӏараб Н. Пироговасул цӏаралда бугеб мединституталдаго лъугӏизабуна докторантураги. Гьенибго цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъиялде ва докторлъиялде диссертацияби. Гьев гӏуралго соназ хӏалтӏана Н. Пироговасул цӏаралда бугеб мединституталъул госпиталалъулаб хирургиялъул отделениялъул нухмалъулевлъун.\n2011 соналда гьесие кьуна профессорасул цӏар. Гьединго хӏалтӏана Москваялъул 500 унтарасе бакӏ бугеб больницаялъул (МСЧ) бетӏерав тохтурлъун. Лъикӏав тохтур ва унго-унгояв инсан хӏисабалда, гьесул тӏадегӏанаб къадру-къимат букӏана больницаялъул коллективалдаги гьудул-гьалмагълъиялдаги гьоркьоб. Букӏана кинабго…\nЛъимерлъиялъул лъалкӏал\nАмма гьитӏинаб ватӏаналдасан гьесда рагӏулеб букӏана гӏазизаб гьаракь. Гьелъ бикъулеб букӏана гьесул макьу. Макьилъ цее ячӏуней йикӏана хӏасратай эбел. Гьел лахӏзатаз гьев цӏидасанги щолаан росдал сухъмахъазухъе. Гьале гьал къватӏахъ чанги васандана гьев, гьале гьал кьурабалъан чанги харана, мугӏрузул тӏогьазде воржинеги воржана, жиндирго анищазул чуги кьолон. Гьале гьаб ракьалъухъ ккараб рокьи бергьана гьаб нухалдаги Мухӏамадил каранлъ. Гьасие бокьун букӏана цӏидасанги гьитӏинлъизе, лъимерлъиялъул лъалкӏазда рухӏ гъезе.\nГьале цӏидасанги – хъизамалъул горсверуда – релъиги, рохелги, къварилъи-пашманлъиги гӏахьалаб гъанситохъ. Гъасда беролеб цӏадул хинлъиялъул махӏ гьанжеги чӏвалеб букӏана Мухӏамадида. Макьилъ гьимулевги вукӏана гьев. Гьелъие гӏиллаги букӏана – гьесул ботӏрол расалги лъухьулаго, хӏасратаб рахьдал мацӏалда хӏайранаб кечӏ ахӏулеб букӏана эбелалъ. Гьале доб нилъер гӏумруялъул аслияб кечӏ. Гьеб кечӏ лъел цӏураб гӏеретӏлъун букӏана Мухӏамадил гӏумруялъул сухъма- хъазда ва шагьрабазда.\nЛъимерлъиялъул лъалкӏазда талихӏалъул нурги бекьулаго, сордойил бачӏунаан Мухӏамадихъе хӏайранаб макьу. Гьеб макьил аслияй багьадурлъун йикӏана эбел. Мухӏамадида бичӏчӏана эбел жинда макьилъ гӏададаго йихьулей гьечӏеблъи.\n— Эбел. Гьей ккола нилъер щивасул гӏумруялъул сиги, ссиги, кьибилги. Лъимерлъиялдаги гӏолохъанлъиялдаги бичӏчӏуларо эбелалъул кочӏол магӏна. Цо-цоязда гьеб гӏумруялъго бичӏчӏуларо. Эбелалъул адаб, гьей чӏаго йигеб мехалда, гьабизе ккола. Гьел пикраби ригьда рорчӏана дилъ. Ва ракӏалде ккана эбелалъе дирго бугеб талихӏалъул дагьалгӏаги кескал гӏахьал гьаризе. Дир кӏудияб талихӏалъе байбихьи гьелъул сариназлъидалха лъураб. Урхъун вукӏана дун гьезухъ. Гьайгьай, дида кӏвезе гьечӏо гьелъ дие кьура- лъул бащдабгицин тӏад буссинабизе. Бугониги, бокьун букӏана цохӏо вугев васасул сипат къойилго гьелда бихьизе, — ян бицана Мухӏамадица.\nЦӏидасанги – гӏагараб Дагъистаналда\n2014 соналда Мухӏамад Иман- гӏалиев тӏад вуссана Дагъистаналде. Гьелдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго Махӏачхъалаялъул №2 больницаялъе. Коронавирусалде данде къеркьолаго, коллективалъги, гьеб нухда бачунелъул, жинцагоги рихьизарурал хӏасилазухъ Мухӏамад мустахӏикълъана «За доблестный труд» абураб медалалъе. Тохтурасда шапакъат баркизе, дун щвана гьев хӏалтӏулеб больницаялде.\nХӏалтӏул къо ахиралде щолеб букӏаниги, гьесухъе иргаялда чӏарал гӏемер рукӏана. Унтаразе бокьун букӏана гьес жал сах гьаризеги, цохӏо гьеб больницаялда гурони региларин абун чӏаралги рукӏана гьенир.\nВа гьале дандего вахъун вачӏана Мухӏамад. Гьабуна лъай-хъвай, бицана дирго мурад.\n— Цӏияб вирус Китаялда тӏатун бугин рагӏабго, бичӏчӏана дидаги ва цогидал тохтурзабаздаги гьеб Да- гъистаналдеги щвезе букӏин. Щайгурелъул, цӏиябин нилъеца абуниги, гьеб цӏияб букӏинчӏелъул. Ниж, гьеб тӏаде щвезегӏан чӏечӏого, дагь- дагьккун хӏадурлъулел рукӏана. Киса-кибего гьедин букӏана. Гьанже гӏайиб гьабулелги камулел гьечӏо, хӏадурлъи букӏинчӏиланги абун. Гьеб битӏараб гьечӏо. Россиялдаго букӏана гьединаб хӏал. Рукӏана гӏурал дарабиги, хасаб ретӏелги, цогидаб къаригӏараб-тарабги. Гӏураб къадаралда гьеб букӏиналъе кумек гьабуна кидаго миллаталъе кумекалъе ватулев, гьелда нахъа хвалченлъун чӏарав Сайгидпаша Гӏумахановас. Гьес кьуна 300 форма. Гьединго кумек гьабуна Хӏабиб Нурмухӏамадовас. Гьединал лъикӏал гӏадамал жеги рукӏана. Кӏалъан рачӏун рукӏана «Инсан» фондалдасанги. Амма дица гьезда абуна гьабсагӏаталда къваригӏараб жо гьечӏин, къваригӏаразе кумек гьабейилан. Баркала буго гьезие. Гьез киназего гьабулеб букӏараб кумекалъулги рагӏана дида. Лъикӏал гӏадамазул лъикӏал ишаз ккун буго жакъа нилъер Дагъистан. Гьеб буго нилъеца цӏунизе кколеб умумузул ирс, — илан бицана Мухӏамадица.\nКарантиналъул заманалда больницаялда букӏараб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги бицана гьес:\n— Байбихьудаго щвана гьеб нижехъе. Гьеб босун бачӏана жалго унтаразги. Масала, гьанире регизе рачӏаразда лъан батулароан жалго унтун ругеблъи. Цинги гьезул унтиги, гьелде тӏаде коронавирусги сах гьабизе кколеб букӏана. Ва рагьана хасаб отделение. Нижерго унтарал къабул гьариги гьоркьоб къотӏизе тун, гьаб цояб унти сах гьабизе журана ниж.\nЗахӏматго букӏинчӏилан абиларо. Ракӏ унтулаан, жал хвасар гьарейилан абулеб балагьиялъ гьел нижехъе рачӏиндал. Гӏумруги хвелги дандчӏвараб къваридаб лахӏзат цебеса инабизего кӏолеб гьечӏо. Тӏолабго къуват кьолеб букӏана унти бача- хъизе. Жидерго хъизамазде регӏичӏого хӏалтӏана тохтурзаби. Моцӏаз ро- къоре щвечӏелги рукӏана. Дунги къойил чанго нухалда щолаан унтаразухъе. Вохулаан, гьезул разиял гьурмал рихьидал. Гьединго дир гьумерги хьухьалаан, гьезул гьурмал кьерхун рихьараб мехалда. Хӏикматаб жо буго гьаб гӏумру. Метералде, сезеялде, тӏаде-хариялде планал рахъулел, ургъулел рукӏуна нилъ. Гӏумруялде хвелалъ рехулеб рагӏад бихьидал, букӏкӏун уна ракӏ. Гӏедегӏулел гьечӏо нилъ цоцазе хинлъи кьезе. Рихьулел гьечӏо нилъер кумекалде ккарал. Бичӏчӏулеб гьечӏо загӏипазул рекӏел хӏал. Гӏаммаб къагӏидаялда босани, лъикӏал чагӏи руго дагъистаниял. Гьезул лъикӏлъиялъги квербакъана унти гӏодоцине. Амма гьанжеги рахӏат холеб буго, гьеб унтул хабар цӏилъидал…\nЩвана нижер больницаялде Москваялдаса гьалбалги. Гьезда гьоркьов вукӏана унтул заманалда машгьурлъараб Коммунаркаялъул бетӏерав тохтур Проценкоги. Тохтурзабазул гьеб къокъаялъ тӏадегӏанаб къимат кьуна нижер больницаялъул хӏалтӏуеги.\nЛъугӏана Мухӏамад Расуловичасулгун гьабураб гара-чӏвари. Гьесул кабинеталъуса унаго, дида рагӏулеб бугин кколеб букӏана гьесул эбелалъул кочӏол гьаракь. Гьеб цӏакъ релълъараб букӏана дирго эбелалъул кечӏалда. Киналго улбузул саринал цоцазда релълъаралги рукӏунелъулха. Гӏагараб ватӏаналъухъги эбелалъул сариналъухъги урхъи буссунарев, рорхатал мугӏрузул согӏаб тарбия щварав магӏарулас къокъабго заманалда дие кьуна гӏумруялъул дарсал. Эбелалъул кечӏалъеги мугӏрузул тарбиялъеги хилиплъичӏев магӏаруласда гӏагараб ватӏаналда батун буго унго- унгояб талихӏ. Гьеле гьединал гвангъарал руго Мухӏамадица жиндирго къисматалъул гӏидраялда толел ругел лъикӏлъиялъул лъалкӏал."}
{"slug": "9556-bakhiarzalgi-giolilalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9556-bakhiarzalgi-giolilalgi", "title": "Бахӏарзалги гӏолилалги", "date": "2020-09-29 06:21:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "19 сентябралда Махӏачхъалаялда Гьудуллъиялъул Минаялъуб тӏобитӏана Россиялъул Бахӏарзазулгун гӏолохъанал дагъистаниязул дандчӏвай.\nЦереккун гьединал тадбирал Избербашалдаги, Дербенталдаги, гьединго ДГУялдаги гьаруна.\nУлкаялъул 67 шагьаралда тӏоритӏана Совет Союзалъулги Россиялъулги Бахӏарзазулгун студентазул, волонтёразул, школлъималазул дандчӏваял.\n«Бахӏарзазул Вахта» абураб гьеб тадбиралда нилъер республикаялда гӏахьаллъана 12 Бахӏарчи – нилъерго гьаниса, Ингушетиялдаса, Северияб Осетиялдаса, Адыгеялдаса, Калмыкиялдаса, Алтаялдаса, Ростовалдаса ва Калининград областалдаса.\nТӏаде балагьун цӏакъго гӏадатал чагӏиян кканиги, гьезул щивас гӏезегӏан гьунарал гьарун ругоан 20 соналъ цебе нилъер гьанирги Чачаналдаги ккарал рагъазулъ.\nМасала, Адыгеялдаса Эдуард Цеев 1999 соналда «Хӏамилгӏин» борхалъиялда вагъулев вукӏун вуго. Гьесда кӏун буго цониги рагъухъанасе къварилъи кколареб куцалда гьениса жидерго къокъа нахъе бачине. Гьединго жинцаго кодобги ккун, цадахъ босун бачӏун буго чӏварав командир Костинил жаназаги.\nЖидер къокъабазда квешаб кьаби щвезабиялъ доб мехалда боевиказ чӏвазе къотӏун вукӏана Болъихъ районалъул Гъодобериса милициялъул прапорщик Дибирхӏажи Мухӏамадовги. Гьев ккурав чиясе 25 азарго доллар кьолеб бугиланги лъазабун букӏана. Масала, цо нухалда Дибирхӏажица кьвагьизабула Гъодобери росулъе бачӏунеб букӏараб боевиказул колонна. Цогидаб нухалда гьев тӏаде ккола нохъода хӏухьбахъулел рукӏарал боевиказде, цинги — гьезул лагералде. Кӏиябго нухалдаги Дибирхӏажица кьвагьулел жалниги, берал чваххизабулеб газ биччанниги пасалъи рещтӏинабула боевиказде.\nАмма кьвагьун бачӏараб жоялъул кескал щун, лъукъун гурони, Дибирхӏажи цониги нухалда гьезухъе кодове щоларо.\n«Бахӏарзазул Вахтаялде» Дагъистаналде рачӏарал гьалбадерида гъорлъ вукӏана Ингушетиялдаса Абубакар Костоевги. Гӏадамал гӏемераб бакӏалда террористас живго жинцаго кьвагьизавизехъин вугилан хабарги щун, гьесги гьалмагъзабазги нух къан буго цо росулъе бачӏунеб букӏараб машинаялъе. Гьенив жанив вукӏун вуго дов террорист. Гьеб мехалда гьес бахъинабураб кьвагьиялъ гьаваялде щущан ун машинагун полициялъул ункъо хӏалтӏухъан (гьездаго цадахъ Костоевги) захӏматго лъукъун руго. Доб росулъа цо чи хунги вуго.\nГӏолилазулгун дандчӏваялда гӏахьаллъарал Бахӏарзазда гьоркьор рукӏана нилъер ракьцоялги – Росгвардиялъул нухмалъулев Мухӏамад Багӏачилов (Чӏарада районалъул Мугурухъ росу), Загьид Загьидов (Гъуниб районалъул Кӏогьори росу), Зулкъаид Зулкъаидов (Агул районалъул Буршаг росу), Мухӏамад Гьиматов (Хьаргаби росу).\nУлкаялда «Бахӏарзазул Вахта» тӏобитӏизе байбихьана 2012 соналда. Тӏоцебе тӏобитӏана Рязаналъул гьаваялъулгун десанталъул аскаразул училищеялда.\n1992 соналдаса 2014 соналде щвезегӏан Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар кьуна 1013 чиясе.\nБищун гӏемер Бахӏарзал рахъун руго Чачаналда, кӏиабилеб рагъ лъугӏидал (гьединго 1999 соналда Дагъистаналда букӏараб рагъдаса хадур) – 304 чи.\nКӏиабилеб бакӏалда руго Чачаналъул тӏоцебесеб рагъул гӏахьалчагӏи — 175 чи.\nГьединго Бахӏарзазул цӏаразе мустахӏикълъарал россиялъулазда гьоркьор руго рагъухъаби гурелги, цӏи-цӏияб ярагъ ургъарал гӏалимзабиги, космонавталги, Чернобылалъул АЭСалда ккараб авариялъул хӏасил рукӏалиде бачаралги, 1992 соналда Россиялъул вакиллъи Кабулалдаса гочинабизе кумек гьабуралги, 1996 соналда Афгъанистаналда тӏалибазул асирлъиялдаса рорчӏизе кӏварал летчикалги, росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабиги, спортсменалги, сапарчагӏиги ва цогидалги."}
{"slug": "9557-nil-er-shagranukhal-bishchun-uzdanal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9557-nil-er-shagranukhal-bishchun-uzdanal", "title": "Нилъер шагьранухал бищун узданал", "date": "2020-09-29 06:32:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул церетӏурал шагьаразецин мисалияб куцалда къачӏалел руго магӏарухъе унел нухал\nЛъикӏаб тайпаялъул къачӏарал нухал хӏисабалда нилъер республикаялда ругел шагьранухал росун руго Россиялдаго бищунго лъикӏал нухазул сияхӏалде. Киналго тӏалабазде дандекколел ва хъулухъ гьабун къачӏарал нухазул 56 процент хӏисабалде босун буго статистикаялъулаб цӏех—рех гьабураз. Россиялда бищун лъикӏал нухал ратун руго Москваялдаги, Ханты—Мансийскиялъул автономияб округалдаги. Нилъер республика буго сияхӏалъул 16—абилеб бакӏалда.\nГьечӏеб жо тӏаде жубан кьураб баян гьеб гурин бицана «Дагъавтодор» идараялъул пресс-хъулухъалъул вакилас.\n— Нухал къачӏаялде цӏакъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго республикаялда ахираб заманалда. 2019 соналда нижеца къачӏана 500 километр нухлул. Гьединго реконструкциялъулал хӏалтӏаби гьаруна 150 км. шагьранухазе. Гьелъул магӏна кколаро нижеца киса-кибего хъилги тӏун нухал къачӏанин абураб. Хъил тӏуралги руго, тӏечӏел нухал ритӏизарун, гӏемераб хӏалтӏи гьабуна.\nГьединго гъоркьисаги исанаги нижеца кӏвар кьуна цереккун къачӏалаго рагӏалде рахъинчӏого хутӏун рукӏарал нухал лъугӏизариялдеги. Нухал къачӏаялда жаниб багьабазул оптимизация гьабиялъги, гӏарцул сурсатазул суалги чӏара-хьараб низамалде бачӏиналъги рес кьуна гьел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе, — ян бицана «Дагъавтодоралъул» пресс-хъулухъалъул вакил Мухӏамад Лабазановас.\nШоферзабазул рагӏабазда рекъонги, цогидал регионазда данде ккуни, гӏемерго узданал ва хъулухъ гьабурал нухал руго нилъер республикаялда. Мисалалъе, Россиялъул централда ругел шагьараздацин гӏемер руго, цӏадал хӏалакиндал, сордо-къоялъ жаниса хьвадизе бегьуларедухъ лъугьунел нухал.\nНухазда хвезабулеб гӏарцуда барахщугеги, хӏукумат. Цӏакъ кири кӏудияб иш бугелъул."}
{"slug": "9558-l-agiilukh-e-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9558-l-agiilukh-e-sapar", "title": "Лъагӏилухъе сапар", "date": "2020-09-29 06:43:13", "categories": ["lit"], "text": "Цо чанго соналъ цебе №35 гимназиялда тӏобитӏун букӏана республикаялъул «Рахьдал мацӏалъул лъагӏалил учитель» конкурс. Гьелда гӏахьаллъарай мугӏалималъ дарсил цо бутӏа сайгъат гьабун букӏана Гӏабасил Махӏамадил творчествоялъе. Видеобухьеналъул кумекалдалъун бухьен гьабун букӏана шагӏирасулгунги. Гьеб къоялдаса нахъе нижер анищ букӏана Лъагӏилухъе щвезе. Кинго санагӏалъи рекъечӏо ва гьедин ана заман.\nИсана нижер гьеб анищ тӏубана. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулездагун композиторал Каримула Гӏабдулаевасда ва Ахӏмад Гӏамирхановасда цадахъ щвана Лъагӏилухъе.\nХӏеренаб каламгун дандчӏвай гьабуна Гӏабасил Махӏамадил лъади Савдатицаги. Щвана Гӏабасил Махӏамадил хабадеги, бихьана гьес наслабазе тараб музейги библиотекаги.\nЦӏулакьодул гъутӏбуз сверун ккураб минаялда аскӏоб бугоан «Чӏобого кьолеб къайи-цӏа» абун хъвараб тукен. Гьебги бугин бицана Гӏабасиласул хӏаракат.\nКъалъудаса хадуб киналго данделъана шагӏирасул цӏар кьураб школалда. Гьенибги бицана Гӏабасил Махӏамадил творчествоялъул хӏакъалъулъ, цӏалана кучӏдул. Цӏакъго бакъ багӏарараб къо букӏиналъ, хадусеб данделъи тӏобитӏана росдал клубалда. Кӏудияб асар гьабуна Авар театралъул артистазул церерахъиналъги. Гьез бихьизабураб Гӏабасил Махӏамадил «Махӏмуд» абураб сценкаялъ киналго хӏайран гьаруна.\nГьеб киналдасанго нижеда бичӏчӏана халкъияв шагӏирас хвел гьечӏеб лъалкӏ ракьалда тун бугеблъи."}
{"slug": "9564-khiikmatab-tsiaral-ul-khirindu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9564-khiikmatab-tsiaral-ul-khirindu", "title": "Хӏикматаб цӏаралъул Хиринду", "date": "2020-09-29 06:49:42", "categories": ["insan"], "text": "Магӏарул жергъенги, Америкаги, бадибчӏвай гьабизе гӏедегӏарал гӏадамалги\nМагӏарулазул йигин Хиринду-Сафи Султӏанова абурай кочӏохъанилан гьабсагӏат дица хъвани, гьас бицунеб щибилан ццим бахъун лъугьинеги бегьула нуж. Тӏоцебе рагӏулеб бугин гьединаб цӏар, магӏарулазулги гьединаб цӏар бугел руччабийищин рукӏунелин абун. Амма цӏар магӏарул руччабазул гӏадаб гьечӏониги, йиго гьединай гӏаданги кочӏохъанги.\nГӏемерисезда гьелъул цӏар тӏоцебе рагӏулеб батулеблъиги хӏисабалде босун, нижер пикру ккана гьелъулгун гара-чӏвари гьабизе.\nХиринду-Сафи гьаюна ва гӏуна Махӏачхъалаялда. Гьенибго лъугӏизабуна музыкалияб школаги, хадуб училищеги. Гьединго Москваялда лъугӏизабуна маданияталъул институт. Цо заманалдасан, бугелъуб бугебги тун, Америкаялдецин гочун йикӏана гьей, кочӏохъабазул цо конкурсалда гӏахьаллъизе. Рекӏее гӏечӏеб къагӏида океан бахун добехун бугеб гӏумруги гӏадамалги. Хехго ячӏана нахъ юссун.\nЧанго соналдасан Москваги рихараб гӏадин лъугьун, гьей нахъ юссана умумузул ватӏаналде. Гьабсагӏат гӏумру гьабун йиго Каспийскиялда, хӏалтӏулей йиго республикаялъул филармониялда. Гьелда цадахъго гӏисинал лъималги данде ракӏарун, гьезие кечӏ-бакъаналъул дарсалги кьола гьелъ.\nХиринду абураб цӏарги гьелъие кьун буго инсуца. Персазул мацӏалдаса буссинабуни, гьелъул магӏна ккола гвангъарай, кенчӏолей абураб.\nКучӏдул ахӏула магӏарул, гӏурус ва ингилис мацӏазда. Гьал ахирисел рагӏаби цӏалун хадур цӏекӏаб пихъ квараб гӏадин, кӏалги кӏичӏизабун, лъугьинеги бегьила нуж. Магӏарул кучӏдузда цадахъ ингилисазул кечӏ- бакъанги алъие щайин. Амма нужеца бицухъе гьечӏо иш. Цохӏо кечӏ ахӏизе гуребги, ахӏараб кочӏол магӏна гьабизеги, искусствоялъул хаслъи ва даража лъазабизеги гӏураб гьунар буго Хириндул.\nРокъоб букӏун бугеб лъикӏ\n— Цогидал гӏадамал лъикӏаб гӏумруялда хадур, гьарураб бакӏалда батичӏеб талихӏ балагьизе гӏадин, гъирагун къватӏире лъутулеб мехалъ, мун Москваги рехун тун тӏад юссун йиго. Кочӏохъан хӏисабалда, цеетӏезе гьенир ресал цӏикӏкӏун рукӏинчӏищ?\n— Дидагоги гьедин кколаан ракӏалде. Москваялда гӏумру гьабун йикӏарал соназда дун Дагъистаналде тӏад юссинилан киданиги ракӏалде ккун букӏинчӏо. Амма заманаялъ кинабго хисизабуна. Кигӏанго къуватай гӏадан дунго йигилан кканиги, Москваялъул гьалагаб гӏумруялда жаний дунго цӏунун дихъа бажаричӏо. Гьенивги вукӏун гӏумруялда жаниб дурго хасаб бакӏ кквезе, щулаго, чӏолелъуб хӏетӏе чӏезе ккани, къваригӏуна щулияб, мурадалде щвечӏого гӏодобе биччалареб хасият. Кьуру бихханиги, биххулареб гӏадаб щулияб ният къваригӏунеб батана гьениб. Гьединаб нияталда чӏезе дихъа бажаричӏо, дие гьеб захӏмалъана. Кӏиго бутӏаялъ дие гьеб захӏмат гьабуна Москваялъул гьалагаб гӏор гӏадин чвахун унеб гӏумруялъ. Гьеб кинабго бичӏчӏарай дун Дагъистаналде тӏад юссана.\n— Америкаялдеги щун йиго мун…\n— Щвана, анцӏго-анцӏила кӏигониги сон ана долдаса нахъе. Амма дие гьеб заман ракӏалде щвезабизе бокьуларо. Бечедаб ва сундулго рахъалъ щвалде щвараб ракь буго гьеб, амма цо жидерго хасал тӏалабал, бокьарав чиясе къабуллъуларел низамал руго гьезул. Гьелъ дие цӏакъго бакӏлъана ва къабуллъичӏо чияр ракь. Гьелде тӏадеги, дир цадахъ букӏараб къайи-цӏа бикъун ун батараб мехалъги квешго ракӏ хвана дир гьезда. Москваялдасаго хирияб тукадаса босараб косметика бикъун ун батана дун рещтӏун йикӏараб гостиницаялда.\n— Муи Хӏасановалъул репертуаралдаса кечӏ букӏана дуца цо конкурсалда ахӏизе хӏадур гьабун. Хас гьабун гьеб щай дуца тӏаса бищараб?\n— Дида гьей гӏумруялда гӏемер йихьун лъалей йикӏиналъ. Нижеда мадугьалихъ йикӏун, гьелъухъе гӏемер щолаан дун. Халкъияб кечӏ ахӏизе бокьун бугин бициндал, жиндирго кучӏдул риччана гьелъ дие. Гьениб гьоркьоса бищараб кечӏ ахӏана дица хадуб Москваялдаги. Муицаго гӏадин, жергъада килщалги кӏутӏун ахӏулейиланги йикӏана, амма лъугьинчӏо дихъа гьеб. Дунго дидасагоги нечана, цееяхъинги ккана цӏакъ намусаб.\nЖакъа ахӏулеб кочӏол…\n— Хадубккунги магӏарулалъ кучӏдул ахӏизе ракӏалда гьечӏищ?\n— Гьелъие дица цин лъикӏго мацӏ лъазабизе ккола. Эбел Болъихъ районалъул Гъагъалъа, эмен Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏаса кколел рукӏаниги, букӏине кколедухъ магӏарул мацӏ лъазабизе дие рес рекъечӏо. Эбел-эменги ратӏалъун, кӏвекӏен ккана гьелъие.\nАмма дида ракӏалда буго гьеб щвалде щун лъазабизе. Берцинаб бугилан кканиги, магӏарул мацӏ жибго захӏматаб мацӏ буго лъазабизеги, бицинеги, гьединго кечӏ ахӏизеги. Цӏалдохъанас рокъобе лъазабизе кьураб кечӏ гӏадин, лъазеги гьабун, кечӏ ахӏи гуро дир мурад. Дие кӏвар бугеб жолъун ккола дица ахӏулел рагӏабазул магӏна дидагоги гъваридго бичӏчӏи, гьел рагӏабаз диего гьабулеб асар гӏенеккаразухъеги кьей. Жинцаго жиндирго къимат гьабулев бокьарав кочӏохъанасул рукӏине кколел принципал руго гьел.\n— Инсан кантӏизавиялде, лъикӏлъиялде ахӏулел, гьесие битӏараб тарбия кьун бажарулел тайпаялъул кучӏдулги дагьал гьечӏо. Мисалалъе, Алла Пугачевалъул буго «Некӏсияб сагӏат» абураб кечӏ. Гьениб гьелъ цӏакъ асар гьабуледухъ бичӏчӏизабулеб буго гӏумру хехго унеб букӏин. Жиндие херлъизе бокьун гьечӏин, заман лъалхъулареб щайилан ахӏи балеб гӏадин йиго гьей. Гьединаб рахъалде кӏвар кьолищ дуца кечӏ ахӏулаго?\n— Валлагь цӏакъ кутакалда кьолин, гьелде кинабго пикруги кӏварги буссинабулин дицайилан, гьабсагӏат жаваб кьуни, гьереси букӏинин хӏинкъунги йиго дун. Дицагоги гӏемер хӏисаб гьабулеб суал кьуна дуца гьабсагӏат. Кочӏол бакъаналде гъоркь кӏалги гьакӏкӏан, тӏокӏаб сундулниги агъаз гьечӏей гӏаданлъун дунго йикӏине дие, узухъда, бокьиларо. Амма жалго кучӏдулги гьединал магӏна бугел, гъваридал рукӏине ккелаха. Гьаб заманалъ гьединал, кутакаб асаралъул кучӏдул хъвалел шагӏирзаби дида лъаларо. Ратизеги бегьула, амма дун жеги гьединалгун дандчӏвачӏо.\n— Батани, цере рукӏарал шагӏирзабазул лъил творчество дуе бищун бокьулеб?\n— Расул Хӏамзатов дунялалдаго лъалев, кутакалда пасихӏал, гъваридал кучӏул хъварав шагӏир вуго. Амма дие гьесдасаги, бахчиларо, бокьула гьесул эмен Цӏадаса Хӏамзатил творчество. Гьесул сатириял асараз цӏакъ асир гьаюна дун.\n— Дуего критика гьабидал цӏакъго рекӏекълъулищ?\n— Гьереси щай, рекӏекълъула. Гьеб рахъалъ цӏакъ загӏипай гӏадан йиго дун, щаяли. Амма нилъер гӏадамаздаги критика гьабизе щвани, кинабго кӏочон толеб буго. Мисалалъе, бокьарав чӏагояв чиясул гӏадин, дирги рукӏуна гъалатӏалги, чанги рукӏана кечӏ лъикӏго ккечӏого дунго намуслъизе ккарал лахӏзаталги. Амма гъоркьгоги ничалъги сабру хвеялъги гьорозаюн, ракӏги къварилъун йигей гӏадан, гьез тӏуянго йижичӏей анищан ккезе гьаюла. Цоялдаса цоял рекӏелъ хӏунсулел, унтулел рагӏабаз чӏван лъола. Цо дагьаб рекъараб рагӏиги бицун, ракӏ-макӏго гьабизейищ бегьулареб? Гьез абичӏониги лъаларогойищ бугеб дида дирго цееяхъин лъикӏаб ккечӏеблъи. Рагӏуца лъукъулелго гӏадин, иман бугеб рагӏуца чӏаголъизеги гьавула чи. Кочӏохъанасейин абуни хинал рагӏаби лъиеялдасаго цӏакъ хӏажат рукӏуна.\nХадурагӏи\nГьеб гуребги, гӏемер интересаб хабар бицана Хириндуца. Къойица гаргадизе йиччаниги, кечӏ ахӏизего гӏадин, кӏалъазеги буго гьелъул махщел. Гӏумруялъулги сверухъ лъугьунебщиналъулги пикру гьабизеги лъалеб буго. Лъицаниги гьукъунилан кечӏ ахӏиги теларилан абуна гьелъ. Гьеб бугила гӏумруялда жаниб жинда батараб бакӏ. Жиндихъа гьеб бахъизе лъилниги ихтиярги гьечӏин тӏадеги жубана кочӏохъаналъ."}
{"slug": "9565-almakh-tsebe-va-ganzhe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9565-almakh-tsebe-va-ganzhe", "title": "Алмахъ: цебе ва гьанже", "date": "2020-09-29 07:09:42", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Салатавиялъул ракьалда сапарчагӏазул ракӏ тӏаде цӏалел, бераз лазат босулел бакӏазул цояблъун лъугьун буго Алмахъ росу. Гьеб гӏемерго некӏсияб ва кӏудияб росу буго ралъдал гьумералдаса микьнусго метралъул борхалъуда, Ахъташ гӏурул кваранаб рагӏалда.\nБицен буго гьеб гӏоралда «Хъахӏаб гамачӏ» абураб магӏнаялъул цӏар Ахъташ хутӏун бугин хазаразул заманалдасаго. Алмахъалъул югалъулаб рахъалдехун километргун бащдалъул халалъиялда руго батӏи- батӏияб тӏегь-хер гьарзаял рорхатал мугӏрул. Севералъулаб рахъалдехун ругел гӏемер рорхатал гьечӏел мугӏруздасан байбихьун чвахула Ахъташ.\nРосдада сверухъ ругел мугӏрузда ва рохьазда дандчӏвала батӏи-батӏиял жанаварал, рухӏчӏаголъаби ва хӏанчӏи: циял, бацӏал, чакъалал, гъапланал, хъабанал, гӏалхул цӏцӏани, цӏиркъал, гӏондокьал, гвангваби.\nГӏалимзабаз чӏезабун буго Алмахъалъул сверухълъиялда лъагӏалида жаниб 270 роцӏараб къо букӏунин, гьоркьохъеб къадаралда гьаваялъул хинлъи бахунин гӏицӏго анцӏго градусалде. Хасалил моцӏаздайин абуни гьеб 26 градусалдаса гъоркьеги кколарилан.\nГьенир гӏемерал руго бацӏцӏадаб ва цӏорораб лъадал иццал, Ахъташ гӏурул лъадалъ рукӏуна масакӏ тайпаялъул ччугӏби.\nДун Алмахъалде щвана гьеб росулъа жамагӏатчи ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Айтемир Сатираевгун цадахъ.\nГӏагараб росдаде рокьи рекӏелъ бугев Айтемирил хӏаракаталдалъун Алмахъалда ахирал соназда ккарал лъикӏал хиса-басиязул бицунеб букӏана гьесул росуцояз. Амма гьезул хӏакъалъулъ дагьаб хадуб бицинеги тун, гьанир рехсезе бокьун буго Алмахъалъул тарихалдаса цо-цо баянал, нусго сон барав Насрула Мусаевас бицарабги кьочӏое босун.\nТамерланица Дагъистаналде чабхъен гьабураб заманалда Алмахъ букӏун буго ичӏазарго цӏараки жаниб бугеб шагьар. Гӏурус пачаясул чияр ракьал рахъулезде данде Кавказалъул рагъ халат бахъана кӏикъогогӏан соналъ. Гьеб гъазаваталъе къоло щуго соналъ бетӏерлъи гьабуна имам Шамилица. Халкъалъул эркенлъи ва чияда бараблъун гьечӏеб Имамат цӏунизе гьеб бахӏарчияб къеркьеялъулъ гучаб гӏахьаллъи гьабуна алмахъазги. Гьезул гӏемерисел рукӏана имам цӏунизе гӏуцӏараб къокъаялда гьоркьор.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъулъ гӏахьаллъана 540 алмахъав, гьездаса 270 чи росулъе тӏад вуссинчӏо.\n1917 соналъул инкъилабалдаса хадуб цӏикӏкӏараб хиса-баси ккана Алмахъалъул гӏадамазул гӏумруялъулъ. Росулъ рагьана цӏияб школа, изба- читальня, рагӏалде бахъана хъвазе- цӏализе лъангутӏи лъугӏизаби.\nЦо гӏи-боцӏул фермаялъул багӏараб бокӏоналда дир бер речӏчӏана хӏикматаб документалда. Гьелда хъван буго: «Дагъистан АССРалъул Казбек районалъул «25-абилеб Октябралъул цӏаралда бугеб гӏияхъанлъиялъул фермаялъе кӏиго соналъ гьоркьохъеб къадаралда III,6 кьегӏер щвана вюртембергалъулаб метис-тайпаялъул 100 чахъдадаса ва гӏоркӏкӏеналдаса батӏа гьабураб мехалъ. 1937 соналда букӏун буго кинабниги 1569 чахъу, 1938 соналда — 2053 чахъу. Гьелъухъ гьеб ферма рикӏкӏана Тӏолгосоюзалъул росдал магӏишаталъул выставкаялда гӏахьаллъараблъун ва босун буго Хӏурматалъул Тӏехьалде».\nДагъистаналдаго цӏияб ишлъун лъугьана тӏанкӏал ругел ритӏучӏал Алмахъалда хьихьизе байбихьи. Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана «Алмахъ» совхоз» ОООялъул нухмалъулей Зинат Лугуевалъ: «Нижер предприятиялъул директорлъун доб мехалда вукӏарав Шихмирза Абуевасда рагӏун буго тӏанкӏал ругел ритӏучӏал Кабардино-Балкариялъул «Майский» совхозалда хьихьулел ругилан. Гьес, гьенивеги ун, бичун босун бачӏана 300 ритӏучӏ. Гьезие бокьалги къваригӏинчӏо, нилъер гьава- бакъги рекъон ккана, хасалил квачги гьезда хӏехьезе кӏола, херги кванала, гъутӏбузул гӏисинал гӏаркьалаби рукъизеги бокьула».\nГьебго ОООялъул кӏудияй специалист Нажабат Сиражудиновалъги тӏаде жубана: «Тӏанкӏал ругел ритӏучӏал хьихьиялъ цӏикӏкӏараб хайир кьолеб буго магӏишаталъе. Гьезул лълъурдул хӏалтӏизарула цӏакъго къиматал дараби хӏадуризе».\nГьаниб бицине ккола ритӏучӏазул рехьед хехго кӏодолъулеб бугилан. Анцӏгогӏан соналда жаниб гьезул къадар азаралда щунусгоялде бахана. Гьединлъидал «Буртунай» совхозалдаги байбихьана тӏанкӏал ругел ритӏучӏал хьихьизе. Гӏиял рехъаби цӏикӏкӏинариялъеги гьезул щибго квалквал гьечӏо.\nАмма, кигӏанго бокьичӏониги, Буртунаялдаги ва цогидал магӏишатаздаги хьихьарал тӏанкӏал ругел ритӏучӏазул къадар соналдаса соналде дагьлъана, тӏубанго тӏагӏине байбихьана.\nЦӏикӏкӏараб хайир кьолел, хасго лълъурдул хираго ричун унел гьел ритӏучӏал тӏуранго тӏагӏиналдаса хвасарлъиялъе квербакъана Айтемир Сатираевас. «ЧӏикӏабГЭСстрой» ОАОялъул генералияв директорасул заместительлъун вугел соназдаго гьес хӏаракат бахъана ритӏучӏал хихьизе гьарурал бакӏал жиндирго тӏалабчилъиялде росизе ва акциял тӏиритӏизаризе.\nТӏолгороссиялъул пантал тайпаялъул лълъурдул ругел ритӏучӏал гӏезариялъул гӏелмиябгун цӏех- рехалъул институталъул директор, ветеринариял гӏелмабазул доктор, профессор, РФялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчи В. Г. Луницыница хъвалеб буго: «Северияб Кавказалда «Алмахъ» совхоз» ООО ккола Казбек районалъул рорхатал мугӏрузда тӏанкӏал ругел ритӏучӏал гӏезариялъул цого-цо бугеб предприятие.\nТӏанкӏал ругел ритӏучӏал Дагъистаналда гӏезариялъул бугеб захӏматаб хӏалалде кӏвар буссинабизе, магӏишат щулалъизабиялъе гӏарацги биччазе ккола», — ян.\nДагьабго къокъ гьабун бахъараб гьеб кагъат битӏун бачӏун букӏана нилъер тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасухъе.\nГьелдаса хадуб кинаб хиса-басиха ккараб?\n«Алмахъ совхоз» ОООялъул коллективалъ, Казбек районалъул нухмалъулез, ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъ кӏудияб хьулгун къабул гьаруна ДРялъул президентлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповасул аслиял проектал, гьелдаго гьоркьоб АПКялда ритӏучӏал гӏезариялъул масъалаги. Амма, магӏарулаз абухъе, гьеб хьулги хӏорго хутӏана.\nДРялда ритӏучӏал гӏезариялъул иш тӏоцебе пайдаяблъун рикӏкӏарав ва гьелъул гӏуцӏарухъанлъун лъугьарав Гӏабдулбасировас 1974 соналдаго абун букӏана пантал тайпаялъул (ракьа гӏадин къвакӏуларел) лълъурдул ругел ритӏучӏал гӏезариялъе ресал нилъер республикаялда гӏемерал ругин, хасго мугӏрузда цересел бакӏазда. Гьес бихьизабулеб букӏана, гьелъие харж гьабураб щибаб гъурщидаса щвезе бегьулеблъи лъабго ва цӏикӏкӏун гъурущ хайиралъул. Алмахъаздаса мисал босун, тӏанкӏал ругел ритӏучӏал жидерго магӏишатазда гӏезаризе бокьаралги гӏезегӏан рукӏинилан.\nАмма «Алмахъ совхоз» ОООялъул цӏар хисизабун лъугьараб зверосовхозалда жакъа цӏунун хутӏун буго 1500-ялдаса цӏикӏкӏун тӏанкӏал ругеб ритӏучӏ.\nРакӏчӏун абизе кӏола, гьеб зверосовхоз гӏуцӏаралдасаго гьелъул къисматалъул ургъел рекӏелъе биччан, росуцоязе пайдаяб ишалде кӏвар кьун, ракӏ-ракӏалъ гьабураб кӏудияб ва гьезда киданиги кӏочене гьечӏеб кумекалъул хӏасил бугин гьебилан."}
{"slug": "9566-nobelil-premiya-shchvezegi-begulaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9566-nobelil-premiya-shchvezegi-begulaan", "title": "Нобелил премия щвезеги бегьулаан", "date": "2020-09-29 07:45:20", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагьаб цебе дихъе щвана республикаялъул телевидениялдасан бихьизабураб документалияб фильм тӏад бугеб диск. Гьеб дие сайигъат гьабурас абуна гьелда бицунеб бугин дунялалдаго машгьурлъарав нилъер ракьцоясул хӏакъалъулъ. «Гьел кӏочонгутӏизе…» абураб цӏар лъураб фильм батана бицун чи божуларебгӏанги кӏудияб гьунар Бетӏергьанасдасан насиблъарав, цӏар—рецц тӏибитӏиялъул тӏогьиве вахинелдего, хъизангун цадахъ авариялде ккун гӏумруялдаса ватӏалъарав чиясул хӏакъалъулъ. Гьеб ккун буго СШАялда, гьев 36 соналъул гӏумруялде вахараб мехалъ. Фильм бахъиялде авторал кантӏун руго «Дагъистан» журналалъул 2007 соналъ къватӏибе биччараб цо номералда гьесул хӏакъалъулъ бетӏерав редактор Тӏалхӏат Ахӏмадхановасул макъала кинодокументалист Хъайтмаз Гӏабдулхаликъовас цӏаларалдаса хадуб. Фильмалда тӏад хӏалтӏизе гьес рачун руго предприниматель Гъазимухӏамад Мухӏамадов ва сценарист Гулера Камалова.\nБуйнакск шагьаралда минаби ралев чи Гӏабдурахӏимил ва республикаялъул хӏурматияй учителалъул цӏаралъе мустахӏикълъарай Саидал хъизамалда 1970 соналъул 31 марталда гьавурав васасда цӏар лъуна Наби. Гьанибго баян гьабила, гьесул кӏудияв эмен вукӏана Хунзахъ районалъул Гӏобода росулъа.\nШколалда цӏалулеб мехалъго загьирлъун буго химия лъазабиялде рокьиги. Гӏемерал соназ хӏалтӏарай учительницаялъ абун буго, гьев цӏалдохъанасда малъизе жо жиндир хутӏун гьечӏин, химия гьесда жиндасаги лъикӏ лъалеб бугилан. Хӏакъикъаталдаги, анцӏабилеб классалъул цӏалдохъан Набица химия лъазабулеб букӏун буго МГУялъул химиялъулаб факультеталъул программаялда рекъон.\nШкола лъугӏун хадуб Наби цӏализе лъугьана Ленинградалъул университеталде. Гьенир преподавателазда бихьичӏого хутӏичӏо кинаб пагьму-гьунаралъул студент гьев вугевали. Профессор Анна Кольцовалъ гьесул хӏакъалъулъ абун буго: «Гьев вукӏана творчествоялъулабги гӏаданлъиялъулабги кӏудияб нахърател жиндилъ хутӏарав чи», — ян.\nУниверситет лъугӏизабидал, Наби хӏалтӏулев вукӏана диссертациялда тӏад, амма гӏелмияб цӏех-рехги тун, гьев СШАялде ана Огайо штаталъул цӏех-рехалъулаб университеталда цӏализе.\nГӏенеккилин профессор Дэвид Хардил рагӏабазухъги: «Лъикӏал студентал дир гӏезегӏан рукӏана, амма дида цохӏо нухалъ гурони дандчӏвачӏо гьесулалда релълъараб бажари-гьунар. Гьелъ дун битӏахъе хагазавун вукӏана», — ян.\nДиссертация цӏунун хадуб гӏелмияв нухмалъулес гьев витӏана Гарвардалъул университеталъул профессор Дэвид Эвансихъе. Гьес Наби восана жиндирго гӏелмияб группаялдеги.\nНабица СШАялде ячана лъади Наталья Щербинина. Гьейги йикӏана гӏалимчӏужу, химиялъул факультет лъугӏун хадуб гьелъиеги щвана Гарвардалъул диплом.\nКӏиго соналдасан Наби, профессор Роберт Бекманица гьарун, Рочерстералъул университеталде ана хӏалтӏизе.\nГьанир дагьал халалъаниги, хисизаричӏого кьолел руго гьев профессорас нилъер ракьцоясул хӏакъалъулъ абурал рагӏаби: «2002 соналда вачӏана гьев Рочестералде органикияб химиялъул дарсал кьезе. Гьесул букӏана энциклопедиялъулабин рикӏкӏине бегьулеб, океангӏанги гъваридаб лъай. Гьев гӏолохъанав гӏалимчи цогидаздаса ватӏа гьавулеб тӏокӏлъилъун лъугьун букӏана тӏадчӏун ва свак тун хӏалтӏизе бажари. Гьев вукӏана гӏемераб жоялъул пикру рекӏелъан биччалев, кутакалда гӏакъилав гӏалимчи. Университеталда дарсал кьезеги махщел букӏана. Гьесул нухмалъиялда гъоркь цо студент гӏелмабазул докторлъунги вахъана», — ян.\nГьаниб рехсезе мустахӏикъаблъун бихьула Рочестералъул университет лъугӏарав 8 чи Нобелил премиялъул лауреатлъун вахъанилан. Наби Мухӏамадовасеги щвезе бегьулаан Нобелил премия…\nНабил гӏумруялъул хӏакъалъулъ гуребги, фильмалда кӏудияб бакӏ кколеб буго американаз гьесулги хъизамалъулги гьабураб хӏурматалъ.\nХӏакъикъаталдаги гьеб хӏурмат лъугьана бицун бажаруларебгӏан кӏудияблъунги, фильмалъухъ балагьарал хӏайранлъизарулеблъунги. 2006 соналъул 4 марталда Гарвардалъул университеталда цебе бугеб Химиялъул ва химиялъулгун биологиялъул департаменталъул ва «Бош ва Ломб» компаниялъул хӏаракатчилъиялдалъун тӏобитӏана гӏумруялдаса ратӏалъарал ракӏалде щвезариялъул пашманаб тадбир.\nГьениб Дэвид Эвансица абуна: «Гьев в ачӏиналъ ц ӏияб г ьури б агъаризабуна дир лабораториялда. Гьев вукӏана дида дандчӏварал, жидер гӏелмияб бутӏаялда бищунго хӏикматал гӏадамазул цояв. Гьев дирго васлъун лъугьун вукӏана дие», — ян.\nГьенир гьарурал киналго кӏалъаял ингилис ва гӏурус мацӏазда гъорлъе рачараб ракӏалдещвеялъулаб тӏехь къватӏибе биччана, Наби Мухӏамадовасул хъизамалъул гӏемерал сураталги лъун.\nГьеб дандеруссиналда гьабураб хӏукмуялда рекъон гӏуцӏана Мухӏамадовасул ва Щербининал фонд. Гьеб фондалде 1500 доллар битӏана Махӏачхъалаялъул «Жилище» ГКУялъул генералияв директор, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Гъазимухӏамад Мухӏамадовасги.\nФондалъул гӏарцудасан чӏезабуна Мухӏамадовасул ва Щербининал цӏаралда бугеб премия. Щибаб соналъ гьеб кьола химиялъул гӏелмуялъулъ лъикӏал хӏасилал рихьизарурав студентасе. Гӏарцуда цадахъ кьезе гьабун буго Набилги, Натальялги, Гӏамирилги сурат тӏад бугеб гӏаламат. Университеталъул азбаралъуб буго гьел цӏар рагӏарал гӏалимзаби – гӏолохъанал химикал ракӏалде щвезарулеб скамейкаги. Наталья ракӏалде щвеялъе чӏун буго гъветӏ, хъван буго гьелъул хӏакъалъулъ поэма.\nЛъималазул ахалъул хӏалтӏухъабазда кӏочон гьечӏо гьитӏинав Гӏамирги. Гьес гьенир кагътил къунцӏунги ва цогидабги къагӏидаялъ гьарун рукӏарал жалги данде ракӏарун, гьесул хӏакъалъулъ жидерго ракӏалдещвеялги тӏаде журан, гьитӏинаб тӏехь хӏадурун буго.\nФильмалъухъ балагьарал рухӏдаллъизарула американазул гӏаданлъиялъ, хӏеренлъиялъ. Гӏенеккилин гьезул мадугьал Лауренс Джонсил рагӏабазухъ: «Авариялъул хабар рагӏидал дун божизе кӏоларого вукӏана. Кутакалда ракӏ къварилъана. Цогидал мадугьалзабазда цадахъ гӏодана», — ян.\nЦӏар рагӏарав ракьцоясул гьунарал кӏодо гьариялъе ва гьев ракӏалде щвеялъе тӏоритӏарал тадбиразулги бицинин. Масала, Буйнакск шагьаралда Наби цӏалараб № 2 школалъул жанахӏалъуб буго гьесул гӏумруялъулги гӏелмиял бергьенлъабазулги бицунеб стенд. Химиялъул кабинеталда гьев ракӏалде щвеялъе кидаго лъола чӏагоял тӏугьдузул квацӏи. Набил букӏараб партаялда гӏодов чӏезе изну кьола цӏалулъ бергьенлъаби росулесе.\nНабил кӏудияй яц Дагмараца кинофильмалда бицунеб буго жидер тӏолабго тухумалъего кӏудияб ками кканин Набиги, нусги, васги ракӏалдаго гьечӏого гӏумруялдаса ратӏалъиялдалъун. Кигӏанго цӏикӏкӏарал квалквалал дандчӏваниги, жидеца гьезул жаназаби Дагъистаналде росанила ва гӏагараб шагьаралъул хабалалъ рукъанила."}
{"slug": "9567-rizharab-rakal-ul-k-adru-tsiunize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9567-rizharab-rakal-ul-k-adru-tsiunize-kkola", "title": "Рижараб ракьалъул къадру цӏунизе ккола", "date": "2020-09-29 07:58:12", "categories": ["insan"], "text": "«Гьадинал гӏакъилал гӏадамал гӏелмуялдаги нижер вузалдаги гӏемерал рукӏаралани, нилъ рукӏинаан тӏолабго дунялалъул улкабазда гьоркьор тӏоцебесеб кьерда». Гьадинаб пикру загьир гьабун буго Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университеталъул (ДГТУ) сайталда Гелани Муртазагӏалиевасул хӏакъалъулъ гьесул студентаз.\n-Жакъа вузалде цӏализе вачӏунев гӏолиласул лъай мукъсанаб бугин бицуна преподавательзабаз. Гьеб битӏараб бугищ?\n— Кӏудияб улка биххиялда цадахъго биххана лъай кьеялъул гӏуцӏиги. Нилъее чияраб бакалавриат, магистратура, ЕГЭ… Гьединал хиса-басиязул хӏасилалда нижехъе рачӏуна физикаялъулги математикаялъулги загӏипаб лъай бугел абитуриентал. Кӏиго лъагӏелалъниги ниж хӏалтӏизе ккола гьезул лъай камил гьабиялда тӏад. Кин вахъинавилев ралел бакӏазул махщелчи математикаги физикаги лъаларев чиясул?\nБокьилаан школазда лъаялде кӏвар кьуни. Бицунеб рагӏула, пуланаб бакӏалда цӏияб школа банин, къачӏанин абун. Школалъе мина банилан цӏалдохъабазул лъай камиллъуларо. Больница цӏияб бугин абун, унтаравги сахлъуларо. Рукӏине ккола хӏалтӏизе гъирагун бажари ва лъай камилал махщелчагӏи.\nГӏодизе ккараб хӏалалда буго гьабсагӏат нижер махщалие цӏализариялъул рахъ. Студентасе чара гьечӏого хӏажат буго математикаялъулги, физикаялъулги, геометриялъулги, химиялъулги кьучӏаб лъай. Лъазе ккола математикаялъул формулаби, физикаялъул законал; геометрия лъаларев инженер кинав вукӏунев?! Захӏматаб хӏал буго… Лекциялда яги семинаралда дица бицунеб жо бичӏчӏуларел студентал гӏемер руго жакъа. Гьезда лъаларо мацӏ, лъаларо батӏа бахъизе цӏулал тайпа. Цебе гӏолилаз абулаан, жидеца рокъоб цӏул бичӏулин, къед базе кумек гьабулин. Жакъа гьебги гьечӏо.\nБокьараб заманалда дун хӏадур вуго студентасул суалалъе жаваб кьезе. Амма, телефоналдасаги, электронияб почалдасаги, видео-бухьеналдалъунги дихъе кӏалъазе рес бугониги, дагьлъун руго суалал кьолел студентал.\n-Кинаб къимат дуца кьолеб Махӏачхъала шагьаралъул архитектураялъе?\n— Советияб улкаялда букӏана «Госстрой СССР» абураб хасаб комитет. Гьелъул идарабазул, ай регионазда ругел филиалазул ихтияр гьечӏого, цониги бакӏ балароан. Дагъистаналдаги букӏана «Госстрой Дагестана» абураб идара. Гьениб мухӏканго хал гьабулаан киналго документазухъ. Жакъа проект хӏадуризеги гьелъул экспертиза гьабизеги цӏакъ захӏмалъула. Гьединлъидал щивас жиндиего бокьухъе балеб буго мина. Бищунго квеш ккараб жо — лъицаниги жаваб кьоларо гьеб гӏала-гъважаялъул. Архитекторас абула жинца жаваб кьолин гӏицӏго пачалихъалъул бюджеталъухъ ралел бакӏазул. Полициялъ абула гьеб жидер иш гурин. Гьединлъидал эхетухъего хутӏун руго риххизаризе кколин абураб хӏукму гьабурал минабиги. Риххизаризе гьечӏо гьел — гӏиси-бикъинал бакӏал гурони. Гӏадамазухъа гӏарацги бакӏарун, гӏадлу гьечӏого мина барав чи къватӏисел улкабазда хӏухьбахъулев вуго, гьес бараб минаялда рукъзал росарал гӏадамал гӏазабакь хутӏун руго… Гьедин букӏине буго жамгӏияталъул бичӏчӏи хисизегӏан.\n-Ниж студенталлъун ругеб заманалда абулаан, сопроматалъул экзамен кьурав студент рукъалде вуссине бегьулин абун. Гӏелмуялъул бищунго захӏматаблъун рикӏкӏунеб махщел кин дуца тӏаса бищараб?\n— Дица школа лъугӏизабураб заманалда дидаса цӏикӏкӏарав кӏиявго вацасги яцалъги тӏаса бищун букӏана учителасул махщел. Нижер хъизамалда гьабуна гьадинаб хӏукму: дицаги гьитӏинав вац Халидицаги тӏаса бищизе ккола батӏияб пиша. Гьедин дица тӏаса бищана инженерлъиялъул факультет. Вац цӏализе ана мединституталде, хӏалтӏулев вуго Москваялда тохтурлъун.\nУниверситеталъул инженериябгун ралел бакӏазул факультеталда цӏализе гъира бугел абитуриентазул читӏир халатаб букӏана. Бугониги, дун ворчӏана къецалъул хӏасилалда. Захӏматаб масъала, хӏалтӏи, тӏадкъай тӏубазе бокьулаан дие. Гьелъго бищана физикияб гӏелмуялъул рехсараб бутӏа. Багӏараб дипломгун лъугӏизабуна гьанжего гьанже рагьараб политехникияб институт. Ректорлъун вукӏарав Камил Мухӏамадовасул тӏадкъаялда рекъон, гьенир хӏалтӏизе тана инженериябгун ралел бакӏазул факультеталъул лъикӏаздаса лъикӏал выпускникал. Гьенир хӏалтӏулел рукӏарал гӏолохъанал преподавателаз малъана аспирантураялда цӏализе кколеблъи.\nАспирантураялда цӏалулаго, дир гӏелмияв нухмалъулев Райзерил хӏаракаталдалъун, дун гӏахьаллъана 1980 соналъул Москваялъул олимпиадаялде хӏадурлъулаго рарал объектазул проектал хӏадуриялъулъ. Техникиял гӏелмабазул кандидатлъун вахъарав дун витӏана Махӏачхъалаялда цӏирагьараб Ракь багъариялде дандечӏолел бакӏал раялъул рахъалъ гӏелмиял цӏех-рехал гьарулеб лабораториялда хӏалтӏизе.\n—Гӏелмуги динги —кин кӏиябго бессун бугеб атеизм тӏегьалеб заманалда куцарав чиясулъ?\n— Аспирантураялда цӏализе лъугьунев дида цо преподавателас гьикъана Аллагь вугищин абун. Вугин абун дица жаваб кьедал, хехго бухъизабе гьанисаян абуна гьес. Динги гӏелмуги дица рикӏкӏуна лъай кьолел, гӏакълу цӏубазабулел иццаллъун.\nЩибаб гӏелмуялъул кьучӏлъун ккола Аллагьасул законал. Машгьурав гӏалимчи Эйлерица абун буго дунялалда кинабго лъугьунин максимумалъул яги минимумалъул законалда рекъонилан абун. Физикаялъул яги цогидаб гӏелмуялъул законалъул гъварилъуде ваккидал бичӏчӏула гьелъул кьучӏ Тӏадегӏанасул хӏалкӏолъиялъулъ букӏин. Аллагьас бижараб ва киналго рахъаз камилаб дунялалда дагьа-макъабго хиса-баси гьабуни, кинабго биххизе рес буго. Масала, цохӏо градусалъ хинлъи цӏикӏкӏани яги дунялалъул аслияб хӏуби дагьабго гьетӏани, тӏасан борчӏараб балагь рещтӏине буго — гьеб гӏалимзабазги тасдикъ гьабулеб пикру буго. Аллагьасул хӏалкӏолъиялда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо дир. Нилъеца цӏалулел гӏелмиял законаз гӏицӏго баян кьола Аллагьас бижараб дунялалъе. Камуларо динги гӏелмуги батӏи-батӏиял жал ругин ракӏчӏарал студенталги. Дица гьезда абула, диналъул балъголъи бичӏчӏизе ккани, гӏелму лъазабизе кколин абун. Гӏелмуялъ рес кьола нилъее Тӏадегӏанас камилго гӏуцӏараб сверухълъи наслабазе цӏунизе. Аллагьас бижухъе дунял бичӏчӏарав ва гьеб къабул гьабурав чиясухъа бажаризе буго гӏелмуялъул гъварилъуде хехго нух бахъизе.\n—\n41 сон балеб буго, дуцаги хъизан Муслиматицаги цадахъ гӏумру гьабулаго. Кинаб гӏакълу кьелеб дуца гӏолохъанал хъизамазе?\n— Дица хъизам гьабуна аспирантураялда цӏалун вахъиндал. Букӏинчӏо нижер я мина-рукъ, я моцӏрое лъикӏаб харж щолеб хӏалтӏи. 10 соналъ рукӏана мухьдахъ ккурал рукъзабахъ, гӏисинал лъималгун.\nГӏолохъанал хъизамазе дица гьарилаан сабру. Жакъа гьанир хӏалтӏун, метер доре кӏанцӏун, мурадалде щоларо. Жакъа эбел-инсуца рукъзалги жаниб лъезе къайиги кьола. Хъизам хьихьизе кумек гьабула. Инсанасул рекӏелъ букӏине ккола жиндасаго чӏухӏи. «Гьале гьаб диван дирго гӏарцухъ босана! Гьаб хъулухъалде дун тӏамуна, дир бажари-гьунар бихьун», — гьеле гьединал пикрабазул цӏураб ракӏ гьечӏони, сайгъаталъе щвараб къайиялъул къимат гьабуларо.\nЦоги абилаан: эбел-инсуца тӏаса йищарай яс ячарав бихьинчи мекъи кколаро. Гӏемер хинкӏ кванарасда гӏемер жо лъалин абулаан нилъер умумуз. Щулияб хъизам букӏине бокьарав чияс эбел-инсул гӏакълу хӏисабалде босила. Диеги лъади ялагьана эбелалъ — дир ракӏги бухӏичӏо. Нижер буго батӏи-батӏияб хасият, камулароан, хасго гӏолохъанаб заманалда, дандеккунгутӏиялги. Амма сабру гьабуна долъги дицаги. Хӏасил — жакъа лъималазги гьезул лъималазги реэдулел руго ниж.\n-Рокъоб кинаб мацӏалда нуж кӏалъалел?\n— Дие бокьуларо жуба-гъубараб мацӏ бицунеб мехалда, хасго телевизоралдаса рагӏизе. Нилъер буго бечедаб ва берцинаб мацӏ. Гьеб наслабазе цӏунизе тӏадаб буго нилъеда. Цӏунизе ккола миллияб маданиятги.\nХъизамалдаса дица тӏалаб гьабулеб жо буго рахьдал мацӏалда кӏалъай — рокъоб, гӏагарлъиялда гьоркьоб, миллатцоязул сверулъ. Рахьдал мацӏ буго хъизамалда бицунеб аслияб мацӏ. Лъималазул лъималаздаги лъала мацӏ, Москваялда гӏумру гьабулезе захӏмалъулеб буго гьеб лъазабизе.\nАспирантураялда цӏалулеб заманалда дица гӏумру гьабулеб минаялда рукӏана тӏолабго союзалдаса гӏадамал. Цонигияс хӏакъир гьавулароан батӏияб миллаталъул чи. Рекӏелъ букӏунаан дир гьитӏинабго ватӏаналдаса кӏудияб чӏухӏи. Гьанже доб къадруяб республикаялъул цӏар чорок гьабулеб буго нилъер халкъазул цо-цо вакилзабаз. Доб заманалдаго гӏадин, «дун вуго дагъистанияв» абун чӏухӏун кӏалъазе рес толеб гьечӏо. Доб заманалда нижер выпускникал унаан батӏи- батӏиял регионазде хӏалтӏизе. Гьанжеги бокьилаан, амма бажаруларо: пуланав махщелчи витӏизе бокьун бугин абун ниж кӏалъараб мехалда, дагъистаниял росизе гьечӏин гьабула жаваб. Тӏагӏунеб буго гӏаданлъи, чилъи, къадру. Интернеталъги бакътӏерхьул улкабаздаса нилъехъе щвараб гьересияб «культураялъги» гъоркье рехулел руго гӏолилал."}
{"slug": "9568-kinab-gamachidaj-bukiana-ebelal-ul-karanl", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9568-kinab-gamachidaj-bukiana-ebelal-ul-karanl", "title": "Кинаб гамачӏдай букӏана эбелалъул каранлъ?", "date": "2020-09-29 08:06:45", "categories": ["obshestvo"], "text": "— Щай лъабго лъимадул эбеллъун яхъарай гӏаданалъ, гьабун бахъарабго, лъимер рехун толеб? Сунца тӏамулей гьей гьеб вахӏшияб иш гьабизе, — ян абун, палатаялда цадахъ йигей чӏужугӏаданалъухъ ялагьун, ургъалилъ йикӏана дун.\nХӏикмалъизе бачӏунеб букӏана гьелъухъ балагьун.\n— Гьеб пикруялдаса рекӏекълъизеги бегьула гьей. Тӏоцебесей нухалда гурелъул эбеллъун яхъуней йигей. Кӏиго лъимер рокъобги бугин гурищ гьелъ бицун букӏараб. Лъимадуе детдомалъул цӏорорал къадал гурел, эбелалъул рокьиги недегьлъиги хӏажат букӏиналде кантӏилей ятила гьей…, — абун дирго ракӏ батизабулей йикӏана.\nГӏакълуялъ кинго къабул гьабулеб букӏинчӏо, дирго берда цебе гьединаб нахъегӏанаб лъугьа- бахъин кколеб букӏин. Росасдаги йигей, гӏакълу- лъаялъги лъидасаго нахъе ккечӏей 27 сон барай гӏолохъанчӏужуялъ лъабабилеб лъимадаса больницаялдаго инкар гьабиялъе гӏилла кинго бичӏчӏулеб букӏинчӏо.\nПалатаялда регарал цогидал ясазда данде- ккун, Марина йикӏана гӏодое йиччарай ва гӏемер гаргадизе бокьуларей гӏадан. Нилъер гӏадаталги лъикӏ лъалел гьечӏоан гьелда. Эбел гӏурусай, эмен Дагъистаналдаса вукӏиналъниги батилаха.\nМедсестраялъ бицун лъалаан нижеда Маринаца ясалдаса инкар гьабун букӏин, амма гьелда бичӏчӏичӏо жиндирго балъголъи нижеда тӏатун букӏин. Щай духъе лъимер бачун бачӏунаребин цӏехедалги, гьелъ жаваб кьуна яс унтарай ва загӏипай йикӏиналъ тохтурзабаз гьукъун бугин гьей ячине.\nМаринал гьурмада пашманлъиялъул лъалкӏал цӏехолей йикӏана дун, амма бихьичӏо гьелъул я магӏу, я рекӏел бухӏи. Букӏана гьелъул ягъа-яшариялъулъ хӏинкъараб гӏанкӏил гӏадаб хехлъиги щакдариги. Радалго яхъун бахунеб косметикаялъул гъаталъукь бахчун бугин гьелъ жиндирго намусги яхӏгийин кколаан ракӏалде. Щибго ккечӏеб гӏадин, телефоналъусан гьудулзабазда кӏалъалаан, нижер лъимал реэдулаан.\nГьале жакъаги гӏедегӏун тумбочкаялъуса къайиги бакӏарун, палатаялъуса къватӏие ана гьей. Маринаца мугъ сверарабго, гьей какизе лъугьана палатаялда рукӏарал ясалги.\n— Гьалда ракӏалде кколеб батилаха нилъеда щибго лъаларин. Гьелъул хӏакъалъулъ тӏоцебесеб къоялъго медсестраялъ бицун букӏана гурищ нилъеда. Бихьанищ гьелъ ххвелал гьарулел ругеб куц. Жиндир лъимер унтун бугила. Ункъо кило бугей, кигӏанги сахай яс йиго гьелъ гьаюн, — ян щурщудизе лъугьана ясал.\nМарина кватӏичӏого ячӏана. Жиндирго къайиги босун, къватӏие ине къачӏана. Унелъулги гьелъ нижергун къо-лъикӏ гьабичӏо. Жий гьалмагъа-лъул дое уней йигин, къваригӏелги тӏубан яс ячине радалго тӏад юссинин рагӏи кьуна гьелъ. Ясал цоцазухъ ралагьана, амма Маринада щибго абичӏо.\nМарина индал, палата найил тӏалаялда релълъун букӏана. Цогидаб палатаялъуса ясалги санитаркабиги рачӏана нижер палатаялде гурхӏел гьечӏей эбелалъул хӏакъалъулъ бицине. Маринада абичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб рагӏи течӏо гьез. Киндай гьединал гӏадамал гьаб ракьалъ хӏехьон ругелин абун ахӏи балеб букӏана гьез.\nМаринаца лъимер рехун танин абураб жоялда божизе кинго бокьунги букӏинчӏо.\n— Гьанже нужеца бицунелъул магӏна щиб, ясал? Марина йигеб бакӏалда щибго лъалареб ххвелги гьабун, гьанже рахъун гъибат-бугьтан щай нужеца гьабулеб? Гьелда бадибе щай кинабго абичӏеб? Щай нилъер цонигиялъ гьелда чохьол лъимер рехун теялъе гӏилла цӏехечӏеб? Щиб лъалеб, гьелъулги букӏун батила цо кинаб бугониги къварилъи, — ян абуна дица яхӏ гьабизеги кӏвечӏого.\nЧияр лъимадул ургъалица гьеб сордо кин рогьарабали лъаларо дида. Чанго нухалъ щвана лъималазул палатаялдеги. Дир ясалъулалда аскӏоб букӏана Маринал ясалъул бусенги. Зобхъахӏилал чӏахӏиял беразул гургинаб гьумералъул гьитӏич нянькаялъ хъулухъги гьабун рахӏаталда кьижун ятулаан.\nМарина ячӏинин абураб хьулгун радалалдасаго нуцӏихъ ялагьун берал свакан рукӏана. Къалъуда нижехъе яккизе ячӏарай палатаялъул тохтуралъ бицана Маринаца гьабун бахъарабго инкар гьабунин лъимадаса.\n-Гьелъул пикру хисизабун бажаричӏо психологалдацин. Яс гьаюни, больницаялдаго гьейги тун ячӏаян лъазабун букӏанин росасилан, бицана гьелъ. Щаялиго, росасухъе ахӏизеги биччан гьечӏо гьелъ. Росасулгун ЗАГС гьечӏолъиялда бан эмен гьечӏеб лъимадаса кинниги инкар хъван буго гьелъ, — абун бицана больницаялда кколебщинаб лъидасаго лъикӏ лъалей санитаркаялъги.\nРехун тарай яс ячине бокьаралги рукӏана гӏолохъанал улбузда гьоркьор. Гьединаб сахаб лъимер гьитӏичазул рокъоб хутӏуларин, гьанжего гьеб бачине иргаялда чӏарал лъикӏал хъизамал ругин нижер ракӏ гӏодобе биччалеб хабар бицунеб букӏана санитаркаялъ.\nГьелдаса нахъе ана анлъго сон.\nДидайин абуни рекӏелъ къан хутӏана – кинаб гамачӏдай букӏана Маринал каранлъ абураб пикру. Гӏалхул хӏайваназгицин жидерго тӏинчӏ гьедин рехун толаро. Сунцадай гьей тӏамурай жиндирго гьанал бутӏа черхалдаса тӏун рехизе"}
{"slug": "9569-talikhial-ul-kiul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9569-talikhial-ul-kiul", "title": "Талихӏалъул кӏул", "date": "2020-09-29 08:28:26", "categories": ["history"], "text": "Цӏалуда, хӏалтӏуда, рокъоб, къватӏиб ва цогидалги бакӏазда, бокьарав чияс, гӏилла букӏа-букӏунге, рекӏелъ рекъолареб рагӏиги абун къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тӏехьалъул автор ал-Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракӏ бекизе биччагейила ва дуда лъа- йила гьес абураб рагӏиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабулеблъи. Гьеб тӏехьалдаса босун, гьединго, рагӏаралъуса, цӏаларалъуса тӏадежураялги гьарун, цо-цо бутӏаби рахъулел руго гьанир.\nИнсан\nРатӏлица чийин, чоца багьадурин абухъего батила, цо-цо чагӏаз инсанасе къимат кьола гьесул ратӏлихъ ва чвантихъ балагьун. Гьебин абуни буго бокьараб къоялъ тӏаса ине рес бугеб жо. Чӏухӏарав, пахруяв, гӏадамазде бер-ракӏго щоларев, мискинасе кумек гурев, загӏипасда гурхӏел гурев, хъачӏав чиясдаса щиб пайда бугеб жамгӏияталъе? Лъие хӏажат бугеб гьединасул берцинлъи, узданлъи, бечелъи?\nМискинлъиялъ къвал барал ругониги, рукӏуна гӏадамал аскӏор ругезул ургъелги гьабулел, язихъасда кверги чӏвалел, вакъарасе квенги, къечарасе лъимги кьолел, хӏажат ккедал жамагӏаталда цадахъ къватӏиреги рахъунел. Гьанже пикру гьабеха, кинал гьезул талихӏаллъун ругелали?\nИнсанасул талихӏ гӏуцӏун буго лъабго жоялдасан: Аллагьасе рецц гьабулеб ракӏалдаса, Аллагь рехсолеб мацӏалдаса ва сабуралда бугеб черхалдаса. Талихӏалъул хӏакъалъулъ кигӏан гӏемерал тӏахьал цӏаланиги щиб, гьеб батизе гьечӏелъул гьаб лъабабго гӏамалалда тӏадчӏей гьабичӏони. Гьаб лъабабго гӏамал нилъелъ камиллъани нилъ лъугьуна ракьалда лъикӏлъи бекьулезул мухъилъе, лъикӏал ишал гьарулезул кьеразулъе.\nАллагьасул Каламалдаги буге- лъулха: «Бетӏергьанасда жалги божулел, жидеца лъикӏал ишалги гьарулел бихьиналги руччабиги лъугьуна алжаналде…», — ян.\n***\n«Цо сордоялъ дунги цадахъ рукӏарал медсестрабиги захӏматаб дежурствоялде ккана. Лъимер гьабулаго, кигӏан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кӏвечӏо гӏолохъанай чӏужугӏадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечӏого гьабураб, загӏипаб лъимер ва кӏиго сон барай яс», — ян хъвалеб буго Африкаялъул цо улкаялда хӏалтӏулей йикӏарай тохтуралъ. «Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загӏипаб лъимерин абун? Больницаялда рукӏинчӏо шартӏал, хӏатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букӏинчӏо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячӏана, гьитӏич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячӏана магӏил бералги цӏун:\n— Хинаб лъим жанибе тӏурабго, грелка бихъун ана. Гьабин абуни букӏана нилъер гьаниб хутӏараб ахирисеб грелка.\n«Гӏодобе тӏураб рахьалда хадур гӏодиялъул магӏна гьечӏин» бакътӏерхьул улкабазда абулеб гӏадин, Африкаялдаги пайда букӏинчӏо грелкаялда хадур гӏодун. Гьеб босизе я аптека, ялъуни тукен букӏинчӏо.\n— Щибха гьабилеб? — ян абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цӏадуда аскӏоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачӏунеб гӏадаб бакӏалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечӏони, гьитӏич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскӏор регила, гьелда гьури чӏваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго лъимер квачалдаса цӏуни.\nНахъисеб къоялъ дун ана аскӏобго букӏараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъкъаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитӏинаб лъимадуе дугӏа гьабейилан.\n— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ян абуна дица гьезда, — цого-цо букӏараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букӏана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.\nДица гьединго гьезие бицана кӏиго сон барай ясги йигин гьей хварай чӏужугӏаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачӏониги, эбелалъухъ гӏодулей.\nЛъимал кутакалда гӏенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугӏа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцӏго сон барай гӏадай ясалъ. Гьей ракӏ-ракӏалъ Аллагьасде гьардолей йикӏана, жиндирго гьитӏинал квералги цере ккун:\n— Я, нижер Бетӏергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватӏун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго, — ян гьарулеб букӏана гьелъ.\nГьедин гьарана гьелъ гӏезегӏан мехалъ, бацӏцӏунаго магӏугун ва ахиралда тӏадеги жубана:\n— Цо ясикӏоги кье, Аллагь, гьей кӏиго сон барай ясалъе, гьелда лъазе, жий Дуе йокьулеблъи ва гьелъул ракӏги гъун букӏине…\nГьелъул гьари рагӏун гьакӏкӏан хутӏарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. Тӏубалареб гьари бугилан пикруги букӏана, гьитӏинай ясалъул анищ бихьулищин ракӏалдеги ккана.\nГьединал пикрабазда дун хӏалтӏуде тӏад юссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букӏана больницаялда дандбитӏухъ. Дарсида йикӏаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чӏун. Дун гьение екерана, амма гьеб дун тӏаде щвелалде ана. Гьеб машинаялда рукӏараз дир рагъида лъун бугоан къоло кӏиго килограмм бугеб кӏудияб посылка.\nДир берал магӏил цӏуна. Дие жеги лъицаниги посылка битӏун бачӏун букӏинчӏо, лъабго соналъ гьаний хӏалтӏулей йигониги. Дида гьеб рагьизе бажаричӏого, добго лъималазул рокъобе ахӏи бана. Гьебсагӏатго тӏаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикӏана дой дугӏа гьабурай ясги. Киналго тӏаделъун, нижеца цо-цоккун гарацӏ бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотӏана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. Лъебергогӏанасеб бер букӏана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.\nБищун тӏад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчӏелел рукӏана. Хадур рахъун рачӏана медицинаялъул къваригӏунел алатал, чанго кишмишалъул къвачӏа, конфетал… ва грелка! У, хӏакъикъаталдаги букӏана цӏияб грелка!\nЛъималазул, гӏажаиблъун, гьаркьал рорчӏана, дирин абуни берал магӏил цӏуна. Дица гьарун букӏинчӏо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гӏажаиблъун йикӏана. Дунго кинай гӏабдалха, дугӏаялъул къуваталда божуларей?\n— Грелка кьурав Аллагьас ясикӏоги кьун батизе бегьула! — янги ахӏделаго кӏанцӏезе лъугьана дугӏа гьабурай яс.\nХӏакъикъаталдаги посылкаялъул тӏиналда батана берцинаб ясикӏо. Ясалъул берал цӏваби гӏадин кенчӏана, гьей божун йикӏана Аллагьас гьарараб жо кьолеблъиялда.\n— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитӏинай ясалъе гьаб ясикӏо кьезе? — ян абуна гьелъ дида.\n— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магӏугун.\nГьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцӏ. Гьеб битӏун букӏун буго дир рукӏарал цӏалдохъабаз, дунго гӏадай тохтуралъ ракӏалдеги щвезабун. Гьелъул ракӏалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битӏун хӏажатаб къоялъ грелка тӏаде щвезе! Посылка цӏечӏого хутӏараб бакӏалда цоялъ ясикӏоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букӏинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитӏинай ясалъул дугӏаялъе Аллагьасул жаваб».\nХвел\nГьаб дунялалде вачӏанщинав инсанас чӏамизе буго хвалил кьогӏлъи. Гьеб буго нилъеда я цебе ккезабизе ялъуни нахъ бахъинабизе кӏолареб хӏакъикъат. Тӏадегӏанав Аллагьасул Каламалдаги буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогӏлъи чӏамизе ккезе букӏиналъул хъван. Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахӏмат. Щайгурелъул рукӏунелъулха гӏадамал, гӏемер хӏинкъиялъ хӏакъикъаталдаги хвезегӏан чӏечӏого, нусцӏул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тӏаде щвечӏого хвезе гьечӏеблъиги, болжал щведал, кигӏан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.\nАллагьги кӏочон тун гӏумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечӏеблъиги хӏакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магӏишаталъ инсан талихӏавлъунги гьавуларо. Гьеб буго цӏараб болжал лъугӏидал расги лъачӏого тӏаса унеб, тӏагӏун унеб жо. Ракӏбацӏцӏадал, лъикӏал гӏадамазул хӏакъалъулъ тӏахьал цӏалидал, якъинго бичӏчӏула гьадинаб кӏиго хӏужа:\nАллагьасде руссиналъул бакӏалда бечелъиялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукӏарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гӏиллалъунги чӏола гьединазул талихӏкъиналъе.\nАллагь ккурал, Аллагьасе мукӏурал, Аллагьасул рахӏмат-цӏоб щвеялъул мурадалда гӏумру тӏамулел Аллагьасги ккола ва кӏодоги гьарула. Гьединал кӏиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихӏаллъунги рукӏуна.\nПиргӏан вукӏана кверщел кодосев, гӏемераб бечелъиялъул бетӏергьан. Салманул Фарисийин абуни вукӏана мискинчи. Амма гьел кӏияздаго гьоркьоб хӏакъикъаталдаги бугеб кӏудияб батӏалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам Бетӏергьанас цӏакъго гӏодобегӏан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тӏадегӏан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго Хӏалкӏолев, Гӏакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.\nТалихӏавги гӏакъилавги чи ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва кинаб букӏаниги балагь-къварилъи тӏаде бачӏиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хӏели балев. Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хӏалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцӏи нахъе босиялдалъун, нужеде тӏаде батӏи-батӏиял унтаби, хвелал риччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магӏишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кӏудияб рохел буго Аллагьасда аскӏоб», — ан."}
{"slug": "9605-alzhan-nasibl-ayav-nizher-patakhiov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9605-alzhan-nasibl-ayav-nizher-patakhiov", "title": "Алжан насиблъаяв нижер Патахӏов", "date": "2020-10-02 07:04:38", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Алжан насиблъаяв нижер Патахӏов,\nХӏулилъун лъугьайги дуй ракьул бусен.\nМеседил рухӏ босун, вуссараб лахӏту\nХӏалкӏолесул нуралъ гвангъаги дуе."}
{"slug": "9622-khioral-bertsin-gabula-shagargi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9622-khioral-bertsin-gabula-shagargi", "title": "Хӏоралъ берцин гьабула шагьарги", "date": "2020-10-05 08:26:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Гъизилюрталда цӏи гьабун къачӏана гӏадамал тира-сверизе рахъунеб бакӏалда бугеб хӏор. Гӏемераб заманалъ рехунги тун, чӏунтун унеб букӏараб гьелде кӏвар буссинабуна шагьаралъул нухмалъулев Малик Патахӏовас. «Комфортная городская среда» абураб программаялде гъорлъеги бачун, жаниса бацӏцӏадги гьабун берцин гьабун къачӏана хӏор.\nГьеб рагьулеб къоялъ, рохалилаб данделъи тӏобитӏана шагьаралъул хӏакимзабиги гӏахьаллъун. Малик Патахӏовасул цӏаралдаса хӏор къачӏазе кӏудияб хӏалтӏи гьабурал «Шарм» ОООялъул гӏуцӏиялъул нухмалъулесе ва гьесул ишцоязе баркала кьуна, шагьаралъул мэрасул заместитель Алмаз Бековас.\nХӏор къачӏалаго гӏемераб къо бихьун буго гьенир хӏалтӏулезда. Бищун багӏарарал къояз хӏалтӏизе ккун, гьезул цо-цоял багӏариялъ тамах гьарунцин руго. Гьанже кинабго захӏматабщинаб нахъа хутӏана. Кватӏичӏого сверун гӏурччинал гъутӏбиги чӏун, гӏурччинлъиги бекьун берцин гьабизеги буго хӏор."}
{"slug": "9623-magiarul-matsial-ul-uchitelzabazulgun-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9623-magiarul-matsial-ul-uchitelzabazulgun-dandchivaj", "title": "Магӏарул мацӏалъул учительзабазулгун дандчӏвай", "date": "2020-10-05 08:40:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьаб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда тӏобитӏана видеоконференция. Дандчӏваялде ахӏун рукӏана республикаялъул хъутабазул ракьазда ругел школазул авар мацӏалъул учительзаби, лъай кьеялъул управлениялъул куратор ва методист Нуцалай Мирзабековагун цадахъ.\nУчительзабаздехун кӏалъай гьабуна газеталъул редактор Гӏумахан Гӏумахановас, жавабияв секретарь Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏовас, мухбирзаби Шамай Хъазанбиевалъ ва Кавсарат Сулеймановалъ.\n— Нилъеца цадахъ лъугьун гьабулеб буго гӏаммаб хӏалтӏи – рахьдал мацӏ цӏуни. Школалда бачӏунеб гӏелалъе нужецаги, газеталдаса магӏарулазе нижецаги бицунеб буго миллаталъул гӏадатал-гӏамалазулги, маданият-адабиятлъулги, тарихалъулги хӏакъалъулъ. Амма ахираб заманалда загӏиплъулеб буго, тӏоцебесеб иргаялда, нилъерго мацӏалдехун бугеб бербалагьи. гӏемерисел учительзабаз абула тӏахьал гьечӏилан. Тӏахьал щвезегӏан, масала, кӏудияб кумек букӏуна «Хӏакъикъат» газеталъул. Миллаталъул матӏулъун кколеб нилъер газета цӏунизе ккола цадахъ лъугьун…\nГьадинаб букӏана газеталъул хӏалтӏухъабаз учительзабазде гьабураб хитӏабалъул магӏна.\nКӏалъазе рахъарал учительзабазги бицана хъутабазул школазда мацӏ малъиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n— Нижер школазда гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи квеш гьечӏо. Гӏемерисел учительзабаз хъван буго газетаги. Нижеца жеги щула гьабила нужергун бухьенги. Гьединго газеталъул гӏумруялъулъ гӏахьал гьарила цӏалдохъабиги, — ян бицана гьез.\nПалхӏасил, къотӏи ккана газеталъулги учительзабазулги гьудуллъи жеги щула гьабизе.\nГьединалго видеоконференциял газеталъул редакциялъ тӏоритӏизе руго магӏарул районазул цогидалги школазул учительзабазулгунги."}
{"slug": "9628-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9628-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2020-10-05 10:43:56", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарулазул бищун кӏудияб республикаялъулаб казияталъул коллективалъул рахӏат хвезабун буго къойидаса къойиде «Хӏакъикъат» цӏалулезул къадар дагьлъулеб букӏиналъ. Миллионалде гӏунтӏун чи вугеб миллаталда щуазаргоцин подписчик гьечӏин абураб жоялда божизецин кӏолеб гьечӏо.\nРедакциялъул хӏалтӏухъабазги хӏаракат бахъулеб буго цӏалдолезул тӏалабал тӏуразаризе, халкъалъулгун бухьен чӏезабизе. Амма казияталъулгун гьудуллъи щулалъизабиялъулъ мукъсанлъи биччалеб буго магӏарулаз. Масала, Хасавюрталъул зонаялда (Хасавюрт, Гъизилюрт, Казбек районал ва Хасавюрт, Гъизилюрт шагьарал) вугев хасав мухбирас хӏаракат бахъана бакӏалъулал администрациязул нухмалъулезулгун кӏалъа-басаял гьаризе, гьезухъ гӏенеккизе.\nРосабазул бегавулзабазда гьоркьор руго казият цӏалулелги, ратана гӏурус мацӏалдайищ гьеб бахъулебин цӏехолелги. Хӏалчӏахъаги Комсомольское росдал бегавул Казбек Гӏабдуразакъовасул. Гьес абуна гьадин: «Дица щулияб рагӏи кьола 2021 соналъул тӏоцебесеб бащдаб лъагӏалие къого экземпляр «Хӏакъикъаталъул» хъвазе», — ян. Гьесдаго релълъун, киналго бегавулзабаз щула гьабулебани казияталъулгун гьудуллъи, жакъа гӏадинаб къадар (39) букӏинароан Гъизилюрт районалда казият цӏалулезул.\nГьанибго абичӏого гӏоларо, баркала буго Гъизилюрт районалъул бетӏер Мухӏамад Шабановасе. Гьесул хӏаракаталдалъун районалда тӏубараб лъагӏалиего хъван буго 300 экземпляр «Хӏакъикъаталъул». Мухӏамадидаса мисал босизе ккела цогидазги.\nНилъеда бичӏчӏизе ккола, казият гьечӏони, мацӏги, адабиятги, маданиятги, тарихги мукъсанлъулеблъи. Гьеб масъалаялда тӏад ургъизе заман щун буго.\nХасавюрт шагьаралда буго цогидал районазде ва Гъизилюрталде поч баччулеб бетӏераб идара. Гьелъул нухмалъулев Махӏач Гӏумаровгунги дандчӏвана дун.\n— Дица дирго рокъоб я хъизаналъе, я лъималазе магӏарул тун батӏияб мацӏалда кӏалъазе изну кьоларо. «Хӏакъикъат» казиятги хъвала, гьебги цӏалула. Гьаб буго захӏматаб заман. Кӏвар кьела. Моцӏида жаниб цо-цо нухалда данделъула почалъул отделениязул нухмалъулел. Гьенибги гьоркьоб лъела гьеб суал ва чӏванкъотӏарал хӏукмабиги гьарила, — ян бицана гьес.\nХасавюрт районалда буго магӏарулазул 16 росу. Кинабниги 10388 цӏараки. Гьелгощинал гӏадамал магӏарулазул ругеб районалда 2020 соналъул кӏиабилеб бащалъиялъе 81 гурони «Хӏакъикъат» хъван гьечӏо.\nХасавюрт шагьаралда яшав гьабулеб буго 145 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс. 2010 соналъ гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагӏаялда рекъон, халкъалъул гӏаммаб къадаралда гьоркьоса магӏарулазул буго 30 процент. Амма 2020 соналъул кӏиабилеб бащалъиялъе «Хӏакъикъаталъе» подписка гьабун буго ичӏго чияс.\nДида киданиги ракӏалде ккун букӏинчӏо магӏарул миллат гьадигӏан мискинлъун батилин. Дун гӏемер щола магӏарухъ ва гӏатӏиракьалда ругел росабалъе. Къанагӏат гурони бихьуларо кӏи-кӏи, лъаб-лъаб тӏадагьаб букӏа, юк баччулеб букӏа, машина рагьда гьечӏеб мина. Гьебищха магӏарулазул гьанжесеб мискинлъи. Мискинлъун гуро нилъ ругел, мукъсанлъун руго, гӏарцул гурони пикру рекӏелъе биччалеб гьечӏо. Гьединаллъунищха нилъ рукӏине кколел, бергьарал гӏалимзабазул ирсилал?\nКазбек район кидаго букӏана казият хъвалезул ва цӏалулезул цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ реццалъе мустахӏикъал руго Алмахъ росдал гӏадамал. 80-ялдаса цӏикӏкӏун «Хӏакъикъат» хъван буго алмахъаз. Хӏатта 3500 цӏараки бугеб Дилималдацин 60-ялде бахун гьечӏеб мехалда.\nКоронавирусалъул хӏасилги батила гьеб. Кин-щиб батаниги, тӏад ургъизе ккарал суалал гӏемер руго."}
{"slug": "9629-sual-zhavab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9629-sual-zhavab", "title": "СУАЛ-ЖАВАБ", "date": "2020-10-05 11:07:35", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Гъоркьехун рехсолел суалазе жаваб кьуна ДРялъул Пенсиялъул фондалъул отделалъул начальникасул заместитель Гӏайшат Кӏудиямухӏамадовалъ.\nШамил районалдаса Асхӏабгӏалиев Мухӏамадица цӏехолеб буго: «Дун ва росасдаса ятӏалъарай дир яс гӏумру гьабун руго чияр минаялъур. Лъимер гьабидал ясалъе щвезе кколаан эбелалъулаб капитал. Ракӏалда букӏана гьелъул кумекалдалъун мина-рукъ босиялъе санагӏалъи гьабизе. Амма Шамил районалдаса дир ясалъе гьеб капитал кьолеб гьечӏо. Абулеб буго гьелъие ва гьейго гӏадал цогидазеги кьезе кколеб капиталалъул сертификатал кинабалиго банкалда лъун рагӏулин. Гьеб битӏараб батани, кинго бичӏчӏуларо гьелъул магӏна. Лъазе бокьилаан, щай дир ясалъул сертификат кодобе кьоларого бугебали? Цоги, лъимералъ чан моцӏ бараб мехалда гьеб бетӏергьабазухъе кьезе кколеб?»\n— 2020 соналъул 1 марталда къабул гьабураб №36 «О внесении изменений в ФЗ №256 о дополнительных мерах государственной поддержки семьям имеющих детей» абураб федералияб законалда рекъон, эбелалъулаб капиталалъул сертификат кодобе кьоларо.\nГьелъул бакӏалда кьола эбелалъул цӏарги, инсул цӏарги, гьаюраб сонги, къо-моцӏги, сертификаталъул номерги тӏад хъвараб гӏадатияб кагъат-уведомление. Сертификат хӏадур гьабула ва гьелъул бицунеб кагъат эбелалъухъе кьола гьелъул хъвай- хъвагӏай гьабун бугеб (прописка) бакӏалъул пенсиялъул фондалдаса, лъимер гьабураб къоялъго, ай гьелъие бокьани.\nЛъимадул сертификаталъул хӏакъалъулъ тӏубараб баян балагьизе бегьула «Госуслуги» абулеб сайталдасан.\nЭбелалъ сертификаталдаса, ай капиталалъул гӏарцудаса пайда босизе бегьуларо лъимералъ лъабго сон тӏубачӏого. Капиталалъул гӏарцухъ мина-рукъ босиялъе, гӏарзаги уведомлениеги босун, хитӏаб гьабизе ккола Пенсиялъул фондалде. Гьениб духъе кьола къваригӏунел документазул сияхӏ.\nМина-рукъ босиялъе ва ипотекаялъе кьезе капиталалъул гӏарац эбелалъухъе кодобе кьоларо. Мина-рукъ босиялъе, баялъе, гьединго ипотекаялъе гьабураб къотӏи-къаялъул документалда рекъон, Пенсиялъул фондалъ гьеб битӏула мина бичарав чиясул банкалъулаб счеталде.\n«Дун хӏалтӏана улкаялъул батӏи-батӏиял регионазда. Заман щвелалдего пенсиялде ине бокьун буго. Букӏунищ дир гьединаб ихтияр? Пенсия чӏезабулаго, документазда хадуб дун хӏалтӏулей йикӏарай идарабаздейищ ине кколей? Гьенир документал цӏунун ратичӏони, щиб гьабилеб?»\n— «О трудовых пенсиях в РФ- П» абураб федералияб законалъул №№27 ва 28 статьябазда рекъон, заман щвелалдего пенсия чӏезабула заралиял предприятиязда ва рикӏкӏадаб Севералъул шартӏазда хӏалтӏарал чагӏазе, гьединго щуго ва цӏикӏкӏун лъимер бугел руччабазе.\nХерлъиялда бан кьолеб пенсия чӏезабиялъе цебе щуго сонил страховияб стаж гӏолаан, цӏиял тӏалабазда рекъон, гьеб дагь- дагьккун цӏикӏкӏинабуна ва гьелъие къваригӏине буго 15 соналдаса дагь гьечӏеб страховияб стаж.\nПенсия чӏезабулаго, гӏумру гьабун вугеб бакӏалъул пенсиялъулаб отделениялде кьезе ккола: захӏматалъул книжка, паспорт ва гьоркьохъеб харжалъул хӏакъалъулъ справка. Къваригӏуна мун хӏалтӏулев вукӏараб бокьараб идараялдаса щуго соналъ гьоркьоса тӏечӏого дуе щолеб букӏараб харжалъул хӏакъалъулъ баян.\nДур захӏматалъул книжкаялда хӏалтӏулев вукӏарал бакӏазулги заманалъулги мухӏканал баянал ратичӏони, стажалъул хӏакъалъулъ справка архивалдаса босизе ккола яги къваригӏуна хӏалтӏи кьолесулгун гьарун рукӏарал къотӏи-къаязул кагътал. Гьел ракӏаризе улкаялда сверизе кколаро.\nКагътидаги хъван, хӏалтӏулев вукӏарал идараялъул кадрабазул отделалде запрос битӏани гӏола яги телефоналъ ахӏизе бегьула. Идара тӏагӏун батани, документал ралагьула бакӏалъулаб архивалдаса. Федералияб кӏваралъул идараялда хӏалтӏулев вукӏун ватани, хитӏаб гьабизе ккола федералиял архивазде, регионалияб кӏваралъул идараялда хӏалтӏун ватани – пачалихъияб архивалде, районалъул кӏваралъул батани — муниципалияб архивалде.\nАрхивалде яги хӏалтӏулев вукӏараб идараялъул кадрабазул отделалде цӏех-рех гьабеян гьарун битӏулеб гӏарзаялда хадуб къваригӏуна дур букӏараб хъулухъалъул яги тӏубалеб хӏалтӏул баян ва захӏматалъул книжкаялъул копия. Гьениса духъе бачӏине ккола архивияб справка, мухӏканал документал ратичӏони — буюрухъазул ва харж кьурал ведомостазул копиял.\nПенсия чӏезабиялъе документал щвезе захӏмалъулеб бугони, хитӏаб гьабизе ккола хӏалтӏи кьолес взносал рехулел рукӏараб Пенсиялъул фондалъул бакӏалъулаб отделениялде. Гьел баяназги бицуна дур стажалъул къадаралъул хӏакъалъулъ.\nБукӏуна лъугьа-бахъин, стажалъул ва харжалъул хӏакъалъулъ киналгӏаги баянал нахъе цӏунун хутӏичӏеб. Архивалдаса босизе ккола гьел баянал цӏунун гьечӏин абураб справка.\nДур гӏайибалдалъун документал тӏагӏун, рилун ратичӏони, масала, архив бухӏун, гьеб хӏужаялъул божилъи кьезе бегьула дол соназ мунгун цадахъ цо идараялда хӏалтӏулев вукӏарав ва гьелъул бицунел документал кодор ругев кӏиго ва цӏикӏкӏун нугӏасул рагӏабаздалъун. Амма гьеб иш тӏубала судалъ.\nЧӏарада районалъул Цӏулда росулъа Хӏажи Гӏумаровас цӏехолеб буго: «Телевизоралдасан бицунеб рагӏана 50 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос- лъадуе хӏукуматалъ 50 азарго гъурущ кьезе бугилан. Гьеб битӏараб бугищ? Гьединал рос-лъадуе цоги кинал бигьалъаби рукӏунел?»\nМахӏачхъалаялдаса Хӏажимурад Гӏалиевас битӏун бачӏараб кагътидаги кьолеб буго гьединабго магӏнаялъул суал: «Цадахъ гӏумру гьабун 50 сон барал рос-лъадуе ДРялъул хӏукуматалъ гьабулеб кинабгӏаги кумек-бигьалъиго букӏунарищ?»\nХунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа Мухӏамад Расуловас цӏехолеб буго: «30 соналъ рос-лъадиялъ цадахъ гӏумру гьабун бугони, хӏукуматалъ, щибаб сон рикӏкӏун, пенсиялде тӏаде кӏиазарго гъурущ кьолин абулеб жо битӏараб бугищ?»\nХӏурматиял Хӏажи, Хӏажимурад ва Мухӏамад, гьал суалазе нижеца цереги жавабал кьун рукӏаниги, ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул хӏалтӏухъан Сайхат Хӏажимухӏамадовалъ ва ДРялъул Пенсиялъул фондалъул хӏалтӏухъан Зарина Сункулиевалъ кьураб жаваб нахъеги такрар гьабулеб буго:\n— 50 соналъ рос-лъадиялъ цадахъ гӏумру гьабун бугониги, хӏукуматалъ щибаб сон рикӏкӏун азарго гъурущ кьолин абураб закон яги хӏукму гьечӏо. Амма регионалияб даражаялда гьеб бигьалъи гьабизе гьукъунги гьечӏо. Закон буго 30-40-50 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъадуе, хӏукуматалъ щибаб сон рикӏкӏун, аза-азар гъурущ кьезе бихьизабураб. Россиялъул цо-цо бечедал регионазда гӏумру гьабун ругел пенсионеразе гьеб кьола. Дагъистан ккола 80 проценталъ Москваялдаса бачӏунеб гӏарцуца хьихьараб республика. Гьединлъидал тӏадехун бицунеб пособие Дагъистаналда ругел 30-40-50 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъадуе щоларо.\n«3-7 сонил ригьалда ругел лъималазе щибаб моцӏалъ букӏунеб пособие кинал шартӏазда кьолеб? Гьеб кьейин абун кибе хитӏаб гьабизе кколеб? Октябрь моцӏ лъугӏизегӏан гурони пособие цӏигьабиялъе гӏарза къабул гьабуларин абулеб жо битӏараб бугищ?»\n— Щибаб моцӏалъ кьолеб пособие щола Россиялъул гражданлъи бугеб лъимадуе.\nПособие чӏезабула хадусел шартӏазда:\nЛъимадул эбелалъул яги инсул, ялъуни къайимчиясул букӏине ккола Россиялъул гражданлъи.\nЛъабго сон бараб лъимадуе 2020 соналъул 1 январалдаса нахъе пособие кьола, гьелъ микьго сон базегӏан.\n2020 соналда пособие кьола лъимералъ лъабго сон баралдаса нахъе кьечӏого хутӏарал моцӏазулги, амма хитӏаб гьабизе ккола 2020 соналъул 31 декабралдаса кватӏизе течӏого.\nХъизамалда 3-7 сонил ригьалде бахараб чанго лъимер батани, пособие кьола щибаб лъимадуе батӏа- батӏаго.\n2021 соналдаса нахъе пособие кьейин хитӏаб гьабизе ккола лъимералъ лъабго сон бан хадуб, ай анлъго моцӏидаса кватӏизе течӏого. Кватӏани, гьеб кьола гьеб чӏезабеян гӏарза кьураб къоялдаса нахъе.\nПособие чӏезабула ресукъал хъизамазул лъималазе, ай хъизамалъул щивав чиясе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб гурони харж щолеб гьечӏони.\n2020 соналда 3-7 сонил ригьалда бугеб щибаб лъимадуе кьола Дагъистаналда чӏезабураб, гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб доходалъул бащалъи (50 процент). Дагъистаналда цо лъимадуе гӏага-шагарго 5500 гъурущ бихьизабун буго. 2021 соналда гьелъул къадар гӏага-шагарго 11 азарго гъурщиде бахинеги буго.\nПособиязул иш гьабун рагӏалде бахъине байбихьана 2020 соналъул 1 июналдаса нахъе. Гьеб щвеялъе хъизамалъ электроннияб къагӏидаялда гӏарза кьуни гӏола «Госуслугаялде» яги М ФЦялде. К ъваригӏунел д окументазул пакет гьез жидецаго балагьула.\nПособие чӏезабула цо лъагӏалил болжалалъе.\nПособие кьеялъе инкар гьабизе бегьула:\nЛъимер хвани.\nЩивав чиясул хӏисаб гьабун, хъизамалъул доход гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищунго гӏодобегӏанасеб къадаралдаса цӏикӏкӏани.\nДуруслъи гьечӏел яги тӏубачӏел баянал гӏарзаялда ратани."}
{"slug": "9631-kh-akhiab-khalgiatal-ul-k-adru-tsiunana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9631-kh-akhiab-khalgiatal-ul-k-adru-tsiunana", "title": "Хъахӏаб халгӏаталъул къадру цӏунана", "date": "2020-10-05 11:44:22", "categories": ["med"], "text": "25 сентябралда 70 сон тӏубана ДРялъул мустахӏикъав тохтур, РФялъул сахлъи цӏуниялъул отличник, тӏурул унти ккарал гӏадамазе кумек гьабулеб республикаялъулаб централъул (Центр антирабической помощи) нухмалъулев, хирург ва травматолог Анварбег Хӏажиевас.\nАнварбегил хӏакъалъулъ абизе гьев бегьула унго-унгояв, унтарасул тӏалабалда гӏумру унев тохтур вугин абун. Инсанасул сахлъи цӏуниялде жавабияб тӏалабчилъи букӏуна гьесул. «Нижеца унти сах гьабуларо. Нижеца сах гьарула унтиялъ кӏвекӏулел гӏадамал», — ан абурал тохтур-философ Авиценнал рагӏаби такрар гьарула гьес кидаго. Кигӏан захӏматаб хӏалалда унтарав ватаниги, гьесда хӏал лъазе толаро Анварбегица. Гьесул сабураб ва хӏеренаб каламалъ унтарасул ракӏчӏезабула жив сахлъиялде. Тохтурасда бугеб божилъиялъги кумек гьабулелъулха сахлъизе.\nАнварбег Хӏажиев гьавуна 1950 соналда Гӏахьвахъ районалъул Гӏарчо росулъ. 1966 соналда цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏана Цӏумада районалда фельдшерлъун. Гьенисан ана Советияб армиялде ва вукӏана кӏудияв рагъулав фельдшерлъун. Армиялдаса тӏад вуссиндал цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. Цадахъго хӏалтӏана гӏаммаб хирургиялъул кафедраялда лаборантлъун. 1979 соналда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна ДГМИ ва хӏалтӏизе байбихьана Каспийскиялда. Хадубккун – тӏоцебесеб Махӏачхъалаялъул поликлиникаялъул заведующийлъун.\nМисалияв нухмалъулев ва махщел камилав тохтур хӏисабалда ва ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул коллегиялъул хӏукмуялда рекъон, Анварбег Хӏажиев тӏамуна Хехаб кумекалъул цолъиялъул бетӏерав тохтурасул заместительлъун хӏалтӏизе. Байбихьана хӏалхьи гьечӏел сардалги рахӏат кӏочарал къоялги гьарзаяб заман. Анварбегица гьаризе ккана гӏемерал операциял, хӏажалъараб мехалда чанги унтарасе гьес кьуна жиндирго би.\nТӏаде щвана улка биххизабурал 1990-абилел сонал. Хисана тӏолабго гӏумру – хиса-басиял гьаруна медицинаялдаги. Цӏияб къагӏидаялда рекъезабун медицинаялъул хъулухъалъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъул рахъалъ церехъабазул кьерда вукӏана Анварбег Хӏажиевги. Хӏалтӏул балъголъабазул гъварилъуде ваккиялъул мурадалда гьес сапарал гьаруна Россиялъул Кемерово, Ленинград, Самара областаздеги Казахстаналъул Джезказган областалдеги. Гьел сапаразулги гӏелмиял дандеруссиназда гӏахьаллъиялъул хӏасилалги данде гьарун, гьес хъвана ва басмаялде бахъана «Перевод учреждений здравоохранения Дагестана на новый хозяйственный механизм» абураб методикияб пособие.\nКамиллъараб лъайгун махщел Хӏажиевас хӏалтӏизабуна дагъистаниязул сахлъи цӏуниялъе. Тахшагьаралъул №2 поликлиникаялда гьес рагьана гьитӏинабго операционная ва гьенир гьарулаан цереккун стационаралда гьарулел рукӏарал операциял. Операция гьабурав унтарав кӏиго сагӏаталдасан унаан рокъове. Гьелъ гӏемераб пайда кьолаан больницаялъул экономикияб рахъалъе.\nГӏемерал соназ Анварбег хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул №1 больницаялъул хирурглъун. Гьарулаан батӏи- батӏиял операциял. «Цо нухалда нижехъе вачун вачӏана унтарав. Щаклъи букӏана гьесул кванирукъалда рак унти батиялде. Киназго абулеб букӏана, дараби кьун, операция гьабичӏого теян абун. Унтийин абуни, цӏикӏкӏунебго цӏикӏкӏунеб букӏана. Дица гӏакълу данд бана дир гӏелмияв нухмалъулев, профессор Тӏалхӏат Манаповичасда. Гьес абуна, операция гьабизе бегьулин абун ва гьабуна гьес малъухъе. Ункъо сагӏаталъ халалъана гьеб захӏматаб иш. Хӏасил — унтарав сахлъана ва нижее баркала кьолаго ана больницаялдаса нахъе.\nБукӏана гьадинаб лъугьа-бахъинги. Больницаялде щвезавуна гулбуз керен борлъарав гӏолилав. Кинго бажарулеб букӏинчӏо би чӏезабун – бетуларого букӏана гьеб. Дир ишцояз абулеб букӏана, заманаялъ ракӏги лъалхъизабун, г ьабизе к келин операция а бун. Гӏемер ургъизе заман букӏинчӏо. Гьединаб мехалда гӏемер квалквадани, лъукъарав хвеялде щаклъи гьечӏин абулаан машгьурав хирург Николай Пироговас. Гьебги ракӏалде щун, букӏа-бахъаян абухъего, гьабуна хехго операция. Лъикӏ ккана гьеб, ва гӏолилавги чӏаго хутӏана», — ян ракӏалде щвезабуна Анварбегица.\nРахӏат бикъарал сардалгун къоял\n1995 соналда рагьана Ортопедиялъулгун травматологиялъул республикаялъулаб центр. Доб заманалда сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Иляс Мамаевас гьеб централъул бетӏерав тохтурасул заместительлъун тана Анварбег Хӏажиев. Цӏидасанги байбихьана хӏалуцараб, сордо-къоялъухъ балагьичӏого гьабизе тӏадаб хӏалтӏи.\n— Халкъалъе пайдаяб иш ккана Дагъистаналда гьединаб Центр рагьи. Централъ тартибалде бачун букӏана республикаялда ругел киналго больницабазул травматологиялъул отделениязул хӏаракат; гьенир хӏалтӏулел хирургал унаан ишцоязе кумекалъе. Централда гӏуцӏун букӏана гӏелмиябгун методикияб хӏалтӏи ва тӏоритӏулаан экспериментал.\nНижер аслияб мурад буго унтарасе кумек гьаби. Рукӏана шагьараздагун районазда травматологиялъул отделениял, амма захӏматаб хӏалалде ккарав унтарав вачунаан Централде. Нагагь хехаб кумек хӏажалъаниян абун, нижеца гӏуцӏун букӏана хӏалбихьи бугел тохтурзабазул кӏиго къокъа. Къваригӏел ккарабго, республикаялъул бокьараб районалде яги шагьаралде ритӏулаан гьел. Чадрахъ гӏуцӏараб госпиталалда букӏана 70 чиясе кумек гьабизе рес. Хӏалтӏи гӏуцӏун букӏана рагъулабгун авлахъалъулаб хирургиялъул тӏалабазда рекъон. Нахъраталие толаан тохтурзабазул цоги къокъа – тӏабигӏияб яги техногеннияб балагь рещтӏаниян абун, — ин бицана Анварбегица.\nГьесул нухмалъиялда гъоркь хирургазул хехаб кумек щвана Махӏачхъалаялъул Пархоменкол къотӏноб, Каспийскиялда ва Буйнакскиялда ккарал терактазул хӏасилалда лъукъа- къотӏарал гӏадамазе. Хӏалтӏана гьел 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаз нилъер республикаялде гьужум гьабураб заманалдаги. Бахӏарчияб хӏаракаталъухъ Анварбег мустахӏикълъана Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъулгун Халкъияб Собраниялъул ва ДРялъул хӏукуматалъул рахъаздаса Баркалаялъе. Гьесул каранда кенчӏана «Халкъазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон» абураб юбилеялъулаб медальги.\nЦӏияб хъулухъалда\n2017 соналда Анварбег Хӏажиев тӏамуна ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ рагьараб «Центр антирабической помощи» абураб идараялъул нухмалъулевлъун. Гьениб кумек гьабула тӏуриялъ (бешенство) унтарал гӏадамазе. Гьенибго цӏунун букӏуна унтараб гьойца яги гӏалхул жанаваралъ хӏанчӏараб мехалда инсанасе гьабулеб КОКАВ абураб вакцинаги антирабияб иммуноглобулинги.\nДунялалъулго сахлъи цӏуниялъул гӏуцӏиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, тӏурул унтиялдалъун санайилго хола 59 азарго чи. Россиялда щибаб соналда кумек гьарун тохтурасухъе вачӏуна 400 азаргониги чи. Гьезда гьоркьоса 250 азаргоясе гьабизе ккола дару – прививка.\nАхираб 10 соналда жаниб Дагъистаналда цониги чи хвечӏо тӏурул унти сабаблъун. Антирабияб централде рачӏун рукӏана Карамахьиялдаса, Губденалдаса, Бабаюрталдаса, Гъизилюрталдаса, Сабнаваялдаса, Хасавюрталдаса ва цогидал бакӏаздаса хӏайваназ хӏанчӏун хадуб унтарал гӏадамал. Заманалда гьаруна гьезда уколал ва гьел сахго тӏадруссана рокъоре.\nЭркенаб заманалда\nХӏалтӏудаса свакан тӏад вуссарав Анварбегие цӏакъ бокьула хурибгун ахикь хӏухьбахъизе. Гьес жинцаго чӏола гъутӏби ва тӏугьдул, вукӏуна гьезул тӏалабалда. Буго гьесул рекӏее хиралъараб цоги пиша: носоца бикӏун, берцинал цӏулал тӏагӏелал гьарула гьес. Хадуб сайгъаталъе кьола гьудул-гьалмагъзабазе.\nАнварбегицаги лъади Хадижатицаги гӏумруялъул нухда тӏобитӏана ункъо лъимер. Гьезул цоял учительзабилъун рахъана, руго инженерал ва низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби. Гьезул кӏудияб хъизамалда (17 сибтӏ ва гьезулги кӏиго лъимер) гӏадатлъун лъугьун буго байрамал цадахъ тӏоритӏи. Гьарзаяб тепсиялда нахъа татуял нигӏматаздаса кеп босулаго, гьез цоцазе бикьула рохелгун къварилъи"}
{"slug": "9633-anishchazda-khaduj-saparal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9633-anishchazda-khaduj-saparal", "title": "Анищазда хадуй сапаралъ", "date": "2020-10-05 12:16:03", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Хӏакъикъаталдаги учителасул букӏунаро бокьичӏого гьабулеб хӏалтӏи, гьесие щолеб харжалъухъ хал гьабидал. Ратизе бегьула гьезул кьеразулъги рес къотӏун школалдаго хутӏаралги. Амма, аслияб къагӏидаялда босани, гьенир руго учителасул хӏалтӏухъ ккараб рокьуца школалда ккурал хӏикматал гӏадамал. Ракӏ-ракӏалъ бокьичӏони, кинаб бугониги хӏасил кьоларо учителасул хӏалтӏуца.\nРелъиги, гӏодиги, квешлъиги, лъикӏлъиги, хӏалуцинги, сабруги, берцинлъиги, гьайбатлъиги, хинлъиги, цӏоройги. Гьеб киналъулго тӏогьиб — Рокьиги. Гьалеха учителасулги цӏалдохъанасулги цоцазда жиб бараб ва бухьараб гӏумру.\nЦебе бачӏунеб буго 1984 сон. Институтги лъугӏун, росдал хъутаналде хӏалтӏизе уней дир ботӏролъе рачӏунел рукӏана кӏвеладай дида цӏалдохъабазул божилъи ритӏухъ гьабизеян абурал хӏинкъарал пикраби.\n— Дун йоржун уней йиго гьорол хехлъиялда, талихӏалъул хӏанчӏил куркьбаздаги рекӏун, дирго анищазде данде.\nГьале тӏоцебесеб дарс. Дихъ ралагьарал чӏегӏерал, цӏахӏилал, хъахӏилал, сурмиял берал… Гьале тӏоцебесеб дарс.\n— Рорчӏами, лъимал…\nДолдаса нахъе ана 36 сон. Гьедигӏанго сонал руго дир «Дун — учитель» абураб школалъулаб гӏумруялъул хъвай-хъвагӏаял гьарураб тетрадалъеги.\nЦӏидасанги гӏедегӏулей йиго дирго анищазул гъасде, гьениб гьелегьун бугеб рокьул цӏадул хинлъиялъ бачунеб гъургъуралъухъ гӏенеккизе. Гьезул тӏогьиб бугеб гучаб ва хӏасратаб, гьелдаго цадахъ хӏеренаб ва недегьаб рокьул щвалде щолей йигей дие жакъаги гӏажаибаб асар гьабула, цӏалдохъабазул бицине щведал.\nУнго-унгоги, гьез дир гӏумруялъе кьунщинаб хӏухьелги, рухӏги, жанги. Диего хасаб гъасда бакизе дирго къисматалъул цӏа щвечӏей дие гьезул рокьиги, гьимиги, кӏалъайги букӏана цӏалъунги, канлъунги, талихӏлъунги.\nДоб тӏоцебесеб къоялдаса нахъе дир хьолбохъа нахъе инчӏо цӏалдохъабаз дие кьолеб бугеб талихӏ. Гьезул кумекалдалъун дицаго ургъарал Талихӏалъул дарсал жакъаги ритӏула, гьел цӏияб гӏумруялде нуха регӏулаго, гьезда дандчӏвай гьабизе. Цо цӏалдохъанасегицин дир Талихӏалъул дарсаз кумек гьабун батани, дунги яхун ятила доб дирго анищалъул тӏогьиб бугеб Рокьул тӏараде. Гьелда къвалги бан ругел дирго анищаз цӏидасанги гьогьомизабула дир гӏумру.\nСонги, жакъаги, метерги — кидаго урхъун йикӏуна дун дир гӏумруялъул тӏохьол тӏанчазда цӏалдохъабаз хъвараб бацӏцӏадаб къисаялъухъ. Цо гьелъул берцинлъи, тӏадегӏанлъи.\nДир бакъул чӏоразда гьоркьорги руго гьезул чӏорал. Чан кьерхарал къоял чӏаго гьарурал гьез дие, чан къваридал дир сардазе кӏиабилеб хӏухьел кьураб гьез, чан нухалъ еэдарай, чан нухалъ баараб дир бакъалда.\nУчительги цӏалдохъанги. Рокьукълъиялъе гьитӏинабгицин бакӏ гьечӏеб бакъулаб улка. Гьеб улкаялда гӏумру гьабун ругел учителасулги цӏалдохъабазулги гӏумруялъул бидурихьал цоцазда рухьарал руго. Гьенисан хьвадулеб бидул тӏадецуялда бараб буго гьеб улкаялда гӏумру гьабун ругезул къисматги…\nЦӏидасанги бегулеб буго дица дирго хӏикматаб тетрадь. Ва цӏидасанги гьеб тӏехьалъул тӏанчазда иргаялда дие гьимулел руго дирго цӏалдохъабазул сипатал.\nГьезул щибалъ абулеб бугин кколеб буго:\n— Йорчӏами, учитель!…\n— Рорчӏами, лъимал!…\nВа цӏидасанги байбихьулеб буго дир тетрадалъул иргадулаб бутӏа…\nХӏурматиял учительзаби!\nБаркула нужеда дунялалдаго бищунго гӏаданлъи цӏикӏкӏарал, цогидазул ракӏазулъ лъикӏлъиялъул мугьал рекьулел гӏадамазул байрам. Нилъ руго бищунго талихӏал гӏадамал. Щайгурелъул нилъеца ракьалде хьалеб буго букӏинесеб гӏелалъул талихӏалъул мугьал. Цогидазе талихӏ бикьи — гьеб гурищ нилъерго талихӏги. Кӏиябго талихӏги цолъун лъугьараб гӏумруялъул магӏнаги захӏмалъиги цохӏо нилъедаго гурони бичӏчӏуларо. Гьеле гьединаб тӏадегӏанаб багьа буго нилъер талихӏалъул. Ругищ гьелдаса берцинаб цоги талихӏ бугел хъулухъазул гӏадамал?!\nБайрамгун, учитель!"}
{"slug": "9634-rosu-tsiil-uleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9634-rosu-tsiil-uleb-bugo", "title": "Росу цӏилъулеб буго", "date": "2020-10-05 12:22:32", "categories": ["pismo"], "text": "Шамил районалъул Хучада росулъе щведал, бегавул Жамалудинов Къурбан-Хӏусен ватана культураялъул рукъ балеб бакӏалда хӏалтӏулев. Мурад бициндал, росулъ цо свери бахъун лъикӏинги абун, гьес цадахъ вачана дун.\nЧанго соналъ цевеги щун вукӏана Хучаде, амма гьаб нухалда гьеб хисун, цӏилъун батана. Гьев бегавуллъун хӏалтӏизе лъугьараб 2015 соналдаса нахъе гӏурал хӏалтӏаби гьарун ругоан росулъ.\n— Тӏоцебе байбихьана росулъ санитарияб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялдаса, — ян бицана Жамалудиновас. — Хасаб къо чӏезабуна рищни-къул къватӏибе баччиялъе. Гӏатӏид гьабуна кверкьовул рукъ. Бана жамгӏияб хӏажатхана. Сверун къана росдал хабзалал. Къачӏана росулъе рачӏунелги, росулъ жанир ругелги нухал. Бана муршид Меселасул Мухӏамадил зиярат. Гьабсагӏаталда балеб буго культураялъул рукъ. Лъабго соналъ рагӏалде бахъинабизе кӏоларого букӏараб гьеб, исана тендерги бергьун, Культураялъул министерствоялдасан гӏарацги щун, бан лъугӏизабизе ракӏалда буго. Бищунго цӏакъ хӏалтӏул гӏемераб заман бахъана росдал ракьалъул гӏурхъи чӏезабулаго.\nРосу кӏудияб гьечӏониги, кӏудияб росдадаса нахъе ккарал рукӏунаро Хучадаги гьаризе кколел хӏалтӏаби. Амма гӏарац биччала гӏадамазул къадаралде балагьун. Гьебин абуни ракӏалда ругелщинал хӏалтӏаби гьаризе гӏоларо. Руго кумек гьабулел гӏадамалги. Масала, кумек гьабула росдал медпункталъул нухмалъулев Мухӏамадов Билбулатица, жамагӏатчи Хӏажиясулов Гьитӏинамухӏамадица.\nХучадисезул буго цогидал росабазул гьечӏеб, 15 сон барал гӏолилал чӏахӏиязул кьерде рачин кӏодо гьабулеб байрам. Гьелда абула «Тӏохде рахинин» абун. Гьеб къоги тӏобитӏула щибаб санайил, ихдал. Тӏоритӏула спорталъул къецалги. Исана коронавирусалъул пандемиялда бан, гьеб тадбир тӏобитӏизе рес ккечӏо.\nХучадисел руго гьобол-гьудул хириял, къо ккедал цоцазе ратулел гӏадамал. Росулъ гьарулел хӏалтӏабазулъги гьел нахъе къан чӏоларо.\nГьаризе ругел хӏалтӏабазул гьикъидал, бегавулас абуна хӏажат бугин росулъ цӏияб хӏавузги бан лъим бачиналъул хӏалтӏабиги, байбихьараб культураялъул рукъги рагӏалде бахъинабизе ва ракьазул суал роцӏинабизе."}
{"slug": "9636-stalingradal-ul-tsiar-tiad-bussinadaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9636-stalingradal-ul-tsiar-tiad-bussinadaj", "title": "Сталинградалъул цӏар тӏад буссинадай?", "date": "2020-10-05 12:27:38", "categories": ["rel"], "text": "Бакътӏерхьул улкабазда бугелде ва гьениб къиматаблъун рикӏкӏунелде дир рекӏелъ рокьукълъи букӏаниги, дие къабулаблъун лъугьун буго гьениб дида бихьулеб ва нилъеца рахъ кквезе мустахӏикъаб цо хӏужа – доба хӏукумат хисаниги, бетӏерлъуде щив кканиги, хисизаричӏого хутӏула къватӏазда ва шагьаразда лъурал цӏарал. Большевиказухъе улка ккедал советияб Россиялда лъилъулареб унтилъун лъугьун буго цӏарал хисизари.\nДир пикруялда цо-цоял разилъичӏого рукӏинеги бегьула, амма ракӏалде ккола цӏиял вождал цӏвабигӏанги тӏадегӏан гьариялдаго цадахъ, хромалъул курткаби ретӏарал дол комиссаразул букӏанин цогидаб мурад – шагьаразул ва къватӏазул цӏаразулъ загьирлъулеб тарихияб ритӏухълъи гражданазул ракӏазулъа лъугӏизаби.\nБайбихьи гьадин гьабуниги, гьебги гьоркьобе уна Сталинградалъул цӏар хисизабиялъул хӏакъалъулъ гьаниб бицине бугелде. Хӏурият бахъилалде цебе гьеб шагьаралда цӏар букӏана Царицын абун. Цинги советияб заманалда лъуна Иосиф Сталинил цӏар. Гьелдаса хадуб Никита Хрущёвас хисизабуна Волгоград абун.\nГьелъул хӏакъалъулъ гӏемер бицуна Бергьенлъиялъул юбилей кӏодо гьабулебщинаб соналъ. Ва гьелдалъун хабарги лъугӏула.\nБукӏана нилъер Багӏараб Армия, вукӏана Тӏадегӏанав Бетӏерав командующий, юбилеялъулал кӏалъаяздацин гьанже цӏар рехсоларев. Гьеб буго гӏемерго гӏажаиблъи гьабизе ккараб хӏужаги.\nГенштабалъул, Тӏадегӏанав Бетӏерав командующиясул, Оборонаялъул пачалихъияб комитеталъул председателасул, Совет Союзалъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев вукӏарав Иосиф Сталинил щибго гӏахьаллъи гьечӏогойищха фашистазул вермахт щущазабураб? Кинаб къуваталда бахчизе кӏолеб, Черчиллил рагӏабазда рекъон, «пуруцгун щвараб Россия атомалъулаб яргъидалъун хьезабун» бажарарав чиясул цӏар?\nГьанже тӏад руссинин Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тарихалда жаниб бищунго вахӏшияблъун лъугьараб Сталинградалъул рагъул бициналде. Царицыналъул бакӏалда Сталинград лъей большевиказул гъалатӏ букӏун батилин тезеги бегьила. Амма Волгаялъул рагӏаллъабазда рагъул кор боркьараб заманалда, гьенир къеялъул зарал гӏемерго цӏикӏкӏараб букӏинаан, Москва тушманасухъе кьеялдасаги.\nГьеб шагьаралда лъун букӏана Сталинил цӏар. Гьанже гьеб цӏар цо кинабалиго къуваталъ къабихӏаблъун лъугьинабун буго. Амма доб заманалда Иосиф Виссарионович советияб халкъалъе вукӏана къадруявлъун ва гьеб божулаан Сталинил рагӏабаздаги гьесул ишаздаги. Гьебин абуни букӏана Сталинград цӏунун багъараб халкъ. Халкъалда лъалеб букӏана лъил цӏар лъураб шагьар рокьукъав тушманасдаса цӏунулеб бугебали. Гьайгьай, гьужумалъ унел лъицаниги тӏамулел рукӏинчӏо: «Ватӏаналъе гӏоло, Сталиние гӏоло!» – абун ахӏизе. Хвалде унев чиясда гьереси бицинабизе лъиданиги кӏоларо!\nБергьенлъиялъул 70 сонилаб юбилей кӏодо гьабулел къоязда рагъул ветеранас Волгоградалъул цӏар хисиялъул рахъалъ кьураб суалалъе Владимир Путиница гьадинаб жаваб кьуна: «Къануналда рекъон, гьеб буго Федерациялъул субъекталъул ва муниципалитеталъул иш. Шагьаралъул гӏадамаз, референдумги лъазабун, хӏукму гьабизе ккола», — ян.\n«Дун Сталинградалъул рахъалда вуго», — ян жаваб кьуна ветеранасул суалалъе «Сталинградалъулаб рагъ» музей-заповедникалъул директор Алексей Васиница. – Волгоград гуреб, Сталинград лъала тӏолабго дунялалда. Нилъеца жакъа кинабго къуват кьолеб буго Кӏиабилеб дунялалъулаб рагъул бергьенлъи нилъер букӏараблъи дунялалдаго лъазабизе, гьебго заманалда нилъецаго свинабулебги буго гьелъул кӏодолъи, тӏадегӏанлъи. Тӏадежоялъе, Волгоградалъул цӏар хисизаби ветераназе бищунго лъикӏаб сайгъатлъунги лъугьина».\nАлексей Васиница загьир гьабуна, гӏемерисезда лъалареб цо гьадинаб хӏужаги: «1961 соналда шагьаралъул цӏар хисизабиялъул хӏукмуялде гъорлъе раккани, баянлъула КПССалъул Сталинградалъулаб обкомалъул членаз инкар гьабураблъи гьеб документалда гъулбас гьабизе. Гьезда гьоркьоса кӏигояс гъулбас гьабуниги, гьеб хӏукму законияблъун лъугьунароан ва хисизабизе кколаан».\nГьединабго пикру загьир гьабулеб буго Гӏурусазул правослвияб килисаялъги (РПЦ). Гьелъул вакил Всеволод Чаплиница абун букӏана: «Сталинград» абураб рагӏиялъ гьанже гӏумру гьабулеб буго, Сталинил цӏаралдагицин хурхинчӏого. Гьеб хурхараблъун лъугьун буго тӏолабго дунялалдаго цӏар рагӏараб рагъулъ босараб бергьенлъиялда, нилъер тарихалъул цо бутӏаялда», — ян.\nБуго «тарихалъул ритӏухълъи» абураб гъваридаб магӏнаялъул кӏиго рагӏи. Гьел рухьинаризе бегьуларо цо чиясул цӏаралда, гӏадамазул цо къукъаялда, яги цо кинаб букӏаниги партиялда. Тарихияб ритӏухълъиялъул гьаракь дунялалдаго рагӏизабизе ккола Ватӏаналъул букӏинеселъе гӏоло. Цӏар рагӏараб тарихалъул тӏанчазда чӏегӏераб тӏанкӏ лъезе биччазе бегьуларо."}
{"slug": "9674-zhamagiatchagiazul-giarzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9674-zhamagiatchagiazul-giarzal", "title": "Жамагӏатчагӏазул гӏарзал", "date": "2020-10-12 07:41:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "8 октябралъул къалъудаса хадуб ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев Сергей Меликов дандчӏвана республикаялъул жамгӏиял хӏаракатчагӏигун, Харабазул советалъул вакилзабигун.\nХарабазул советалъул нухмалъулев Гӏабдула Мухӏмадовас С. Меликовасе малъа-хъваял гьаруна гӏадамал хъулухъаздаса рахъизе гӏедегӏугейин, гьезул щивасул хӏалтӏи борцинчӏого.\nМухӏамадовас гьарана ДРялъул бетӏерасулгун хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги тейин гьеб хъулухъалда. «Дагъистаналъе цӏуне гьев, кивего виччаге», — ян абуна гьес.\nГьев гьоркьов къотӏизавуна залалда рукӏаразул хъатчӏваялъ.\nБлогер Булач Чӏанкӏалаевас гьарана Гьоор-Хьиндахъа вацал Хӏасанхӏусенгун Наби Хӏасанхӏусеновал чӏваялъул цӏех-рех рагӏалде бахъинабизе кумек гьабеян.\nСергей Меликовас абуна гьеб бугин Дагъистаналдаго лъураб ругъун. Гьелда бан щиб бугониги гьабилин абун рагӏи кьезе гьечӏин жинца, амма кутакалда гӏемераб заман анин гьелдаса нахъе ва нилъеца гьеб ругъун сах гьабизеги кколин.\nГьединго Чӏанкӏалаевас Сергей Меликовасул кӏвар буссинабуна Махӏачхъалаялда тӏокӏалъ чӏечӏого борхулеб кӏиго суалалдеги – къун унеб бугеб Ак-Гель хӏорги, зама- заманалдасан цӏаги лъун, бухӏун лъугӏизабулеб бугеб Эльтавалъул рохьги цӏунизе ккеялъул.\nДанделъиялда борхана цо-цо хӏакимзабазул гӏайибалдалъун пайда босизе бажаричӏого Москваялде чанцӏулго нахъбуссинабураб федералияб гӏарцул суалги – 9-10 млрд гъурущ кколин гьебиланги абуна.\nСергей Меликовас бицана гьеб кинабго хӏисабалде босизе бугин ва чӏванкъотӏараб хӏукмуги къотӏилин.\nИсана сентябралда тӏоритӏарал рищиязда халкъалда лъазего лъаларел чагӏи бергьараблъиги бицана данделъиялда. Меликовасги абуна халкъалда лъалел чагӏи рукӏине кколин депутаталлъунилан.\nРФялъул Конституциялда гьарурал хиса-басиязда тӏасан хабар ккедал, гьелги рагӏа-ракьанде щун гӏадамазда ричӏчӏизарун рукӏинчӏин кӏалъана С. Меликов."}
{"slug": "9675-rukhiiyal-gorkorl-abi-giagar-garuleb-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9675-rukhiiyal-gorkorl-abi-giagar-garuleb-forum", "title": "Рухӏиял гьоркьорлъаби гӏагар гьарулеб форум", "date": "2020-10-12 08:02:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Динцоял ва дин батӏиял Аллагьасул лагъзал\nДагьаб цебегӏан Махӏачхъалаялда рагӏалде бахъана диназда гьоркьосеб гӏолилазул форум. Гьелда гӏахьаллъана Россиялъул регионаздаса ва къватӏисел пачалихъаздаса батӏи-батӏиял диназул кинавниги 70 вакил.\nФорум араб куцалъул бицана 2 октябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда.\nРеспубликаялъул миллияб политикаялъул ва диназул суалазул рахъалъ министр Энрик Муслимовги муфтиясул заместитель Мухӏамад Майрановги рачӏун рукӏана журналисталгун дандчӏвазе. Гьединго гьенир гӏахьаллъана жугьутӏазул жамгӏияб цолъиялъул вакил Расим Шалумовги Махӏачхъалаялда бугеб насранияб килисаялъул секретарь, иерей Виталий Тарасовги.\nЭнрик Муслимовасул рагӏабазда рекъон, анкьабилеб нухалъги республикаялда тӏобитӏулеб гьеб данделъи исана гӏажаибго берцинго ана.\nРоссиялдаса ва цогидал улкабаздаса батӏи-батӏияб диналъул вакилзабилъун кколел гӏолохъаби рачӏун рукӏана гьенире. Пандемиялъул хӏалуцин жеги гӏодоцун гьечӏелъул, гӏахьаллъизе бокьаразул къадар исана дагь гьабизе ккун буго министерствоялъ. Гьединлъидал 70-гӏанасев чи гурони вачӏине бегьун гьечӏо. Амма чагӏи дагьал рукӏиналъул цо пайдаги ккун буго. Ракӏ рагьун, эркенго кинавго чи цоцада кӏалъазе цӏакъ санагӏалъи букӏана исана.\n«Чӏагояб эфиралдаса форумалъулгун бухьен гьабурал дунялалдасаго экспертаз цӏакъ кӏудияб къимат кьуна исана тӏобитӏараб тадбиралъе. Хасго ракӏалда чӏана форумалъе модераторлъи гьабурай Анна Беликовалъ абурал рагӏаби. Гьадин кӏудияб даражаялда тӏобитӏараб цоги форум жинда ракӏалда гьечӏин, гьалъул хӏалбихьиялдаса пайда босизе рекъараб бугин дунялалда тӏоритӏулел цогидал форумазгиян абуна гьелъ.\nДир хӏисабалда, аслияб жолъун исана ккана гӏолохъабазул букӏараб чӏаголъи. Цогидаб диналъул аслаби, кьучӏ, гьелъул хаслъи ва гӏадатал, тарих лъазабизе, гьелъул адаб гьабизе гьезие бокьун букӏин бихьулеб букӏана. Гьелъ киналго рохизеги гьаруна», — ян абуна Энрик Муслимовас.\nГьесулго рагӏаби тасдикъ гьарун кӏалъана муфтиясул заместитель М. Майрановги. Жиндир дин бищун цӏакъабги тӏадегӏанабги бугин чи чӏезе бегьуларин, цогидал конфессиязулги адаб букӏине кколин, гьеб рахъ исанасеб форумалда цӏакъ берцинго анин бицана гьес.\nИудеязул вакил Р. Шалумовги цӏакъ разиго вугоан форумалдаса. Форумалъе лъикӏаб къимат кьун кӏалъана, Махӏачхъалаялъул иерей В. Тарасовги."}
{"slug": "9676-fatimal-nashidazul-bakhcharab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9676-fatimal-nashidazul-bakhcharab-k-ismat", "title": "Фатимал нашидазулъ бахчараб къисмат", "date": "2020-10-12 08:08:13", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьелъухъ гӏенеккаразул ракӏал хӏеккуна. Гьелъул гьаркьихъе щивасул ракӏ гӏодула. Къваридаб къисматалъул къасидатаз бищун хириязухъ тӏолеб магӏуги бигьалъизабула. Гьединай йиго Чӏарада районалъул Багинуб росулъа Фатима Гӏисаева. Гьелъул рекӏелъа чваххулел пашманал нашидал рагӏичӏев чи къанагӏат гурони ватиларо магӏарулазда гьоркьов. «Эбелалъухъ чӏалгӏун йиго дун» абураб нашид гьелъ ахӏулелъул гӏодуларей чӏужугӏаданго ятиларо.\nГьитӏинго эбелалъул хинлъигун рокьудаса махӏрумлъарай Фатимаца къварилъи нашидазде чучула. Яцаллъунги гьелъие жиндирго гӏадаб къисматалъул руччаби лъугьана. Аллагьасе рецц гьабун, Аварагасде свалат битӏун магӏарул, гӏурус, ингилис, гӏараб ва чачан мацӏазда берцинаб гьаркьидалъун нашидал ахӏула гьелъ.\nМахлукъат хирияв\nхалкъалъул устар,\nМалъе дийги дару\nдунял рихунеб.\nГӏалам сах гьабулев\nдинияв тӏабиб,\nТӏерен гьабе дирги\nбиццалъараб ракӏ.\nГьедин байбихьулеб буго Сагӏид- афандиясул хӏакъалъулъ Гӏумахан Гӏумахановас хъвараб назмуялъул рагӏабазда Фатима Гӏисаевалъ ахӏулеб цӏияб нашидги. Гьелъул гӏемерисел нашидал руго пашманал. Гьелъие гӏиллаги — къваридаб къисматалъ гьелъул рекӏелъ тараб «ругъун».\nЦӏадул балагьалъ\nгӏумруялдаго лъалкӏ тана\nГӏурус ракьалда, Тверь областалда фермеразулаб магӏишаталда букӏана Фатимал хъизам. Цо балагьаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб хисана талихӏаблъун букӏараб гӏумру. Эмен Хӏусеницаги эбел Чакарицаги данде гьабураб магӏишатги минаги цо къоялъ цӏаги ккун бухӏана. Цӏа ккедал рокъор рукӏана Фатимаги гьелъул гьитӏинав вацги. Фатима хвасар гьайизе кӏвана. Гьелъул гьитӏинав вац цӏадул балагьалдаса ворчӏичӏо. Талихӏ ккана, гьезул кӏудияв вас гьеб заманалда кӏодоэбелалда аскӏов росулъ вукӏинги.\nЦо лахӏзаталда жаниб Фатимал хъизамалъул кинабго магӏишатги гӏумруялде гъираги тӏагӏана. Минаги магӏишатги бухӏун чара хвараб хъизам Дагъистаналде тӏад буссана ва Шамхал поселокалда гӏумру гьабун чӏана. Гьеб балагьалъ Фатимал эбел Чакарил рекӏелъ цӏа бакана, чохьол лъимер берда цебе бухӏарай эбелалъул ракӏ тӏокӏаб цӏилъичӏо. Хварав вацасул цӏар лъезе жийго хванигицин вас гьавичӏого йикӏунарин абун, кигӏан унтун йигониги, цоги лъимер гьабуна. Гьелъ абухъеги ккана. Лъагӏалидаса гьелъ вас гьавуна, гьесда хварав вацасул цӏарги лъуна. Чакарил сахлъи лъикӏаб букӏинчӏо, гьуърул унтарал рукӏана, тохтурзабазги лъазабун букӏана гьелда лъимер гьабизе бегьуларин абун. Чакарица, жийго кигӏан загӏипго йигониги гьел малъа-хъваязухъ гӏинтӏамичӏо. Васасе микьго моцӏ гурони букӏинчӏо гьей къадаралде щвараб мехалда.\nХвалда цееги цохӏо йигей ясги каранде къан чӏана Чакар, жий цадахъ йикӏине гьечӏел сонал гьеб лахӏзаталъ жанире рачунел кинигин.\nМикьго сон барай Фатимада доб мехалда жиндирго гӏумруялъул нухда дандчӏвалел къварилъабазул бакӏлъи тӏубанго бичӏчӏулеб букӏинчӏо. Кӏудияй гӏунагӏан, заман анагӏан захӏмалъана гьелъие эбел ками. Жидерго ясалде гӏадаб рокьигун ва бербалагьигун хьихьана гьей имгӏаласул лъади Патӏиматица ва инсуца хадуй ячарай лъади Шакиратица.\nЭбел хун хадуб Цӏуриб гӏумру гьабун вугев имгӏалас жидехъего ячана Фатима. Имгӏаласул лъади Патӏиматица жиндирго яслъун рикӏкӏуна жакъа къоялъги Фатима. Кӏиабилеб класс лъугӏизегӏан Цӏуриб школалда цӏалана гьей. Лъагӏалидаса инсуца лъади ячун йигин рагӏана. Гьитӏинай Фатима цӏакъ йохана гьелъулги яс йигин бицунеб рагӏидал. Жиндир ракӏ гъезе яцги щванин абун йохарай гьей имгӏаласул бакӏалда тӏокӏалъ чӏезайизе кӏвечӏо. Унго-унгоги яцалъул бакӏалда йикӏана гьелъие мунагьал чураяй Сагӏдият. Къисматалъ кьурайго гӏадин гӏажалалъ нахъеги ячун ана гьелъул яцлъун лъугьарай яс. Жиндирго ясалдаса батӏа гьайичӏого тарбияги кьуна гьелъие Шакиратица. Эбелалъулаб недегьлъигун малъана гьелъ Фатимада кинабго лъикӏабщинабги квешлъиялдаса цӏунизе кколеб куцги. Гьелъги батила эбелилан гуреб цӏар абуларо гьелда Фатимаца. Гьелъ гьавурав гьитӏинав вацги вуго Фатимал. Гьелъие сайгъат гьабун ахӏулеб нашидалъулъги гьелъ кьураб тарбиялъухъ ва гӏакълуялъухъ баркала кьолеб буго Фатимаца. Кидаго лъикӏаб дугӏадулъги эбел Шакиратил цӏар рехсола гьелъ.\nДур гьаракь дий гьоцӏолъун\nГьинал рекӏелъ бессула,\nДур калам дий дугӏалъун\nГӏундузулъ рукъ ккун чӏола.\nБер бахилаб, хъантӏараб,\nХивалал мекъса ккараб,\nКарим разилъулареб\nГӏумруялде нух къана.\nРекӏее парахалъи\nнашидазулъ батана\nКечӏ-бакъаналъе школалдасанго гьунар букӏаниги, Фатимада лъалаан чӏужугӏаданалъ кечӏ ахӏи — халкъалда гьоркьоб беццараб пиша гьечӏолъи. Кочӏохъабазухъ гӏенекканиги, гьезда нахъаса рагӏи абулелги камуларелъул. Гьеб кинабго бихьулаан ва бичӏчӏулаан Фатимадаги. Кечӏ ахӏичӏониги, гьелъ жиндирго берцинаб гьаракь хӏалтӏизабулаан мавлидал ахӏулелъул, зикру бачунелъул, Къуръан цӏалулелъул.\nФатимада ракӏалдего кколароан жий нашидал ахӏиялдалъун машгьурлъилин. Школа лъугӏидал росасеги ун, цӏакъ къваридаб ва ракӏбохи гьечӏеб яшавалда йикӏана гьей. Гьаюрабго инсуца кьураб Зарема абураб цӏарги, росасе индал, Фатимаян хисана, ретӏана хӏижабги, цӏалана Къуръанги. Хадуб лъабго соналъ мадрасаялда ясазда Къуръан цӏализе малъана. Къуръан цӏализе цогидазда малъулелъул ва лъале-хъвалезда гьоркьоб мавлидал ахӏулелъул рекӏее парахалъиги щолаан.\nГьитӏинго захӏмалъаби дандчӏваниги, ракӏ аваданай, букӏинеселде лъикӏал хьулазул цӏурай Фатимал гӏумру дагь-дагьккун бецӏлъулеб букӏана. Ригьналъ талихӏ къаниги, хъизан биххизабизе хӏинкъун чӏолаан Фатима. Инсул рокъое тӏад юссун хадуйги, эбелалъулаб ракӏбухӏигун Шакиратица кверчӏвай гьабуна гьелда, гьелъул рекӏел «ругънал» сах гьаризе хӏаракат бахъана.\nРигьнада кьечӏеб талихӏги лъимерлъиялъул ракӏалде щвеялги пашманал нашидазулъ лъуна гьелъ. Битӏккечӏеб ригьнадаса хадуй, рухӏгӏан хирияв васгун жийго хутӏидал, гьелъ ургъелгун пашманлъи къинабулаан гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏун. Гьелъ батила гьелъул гӏемерисел нашидалги къваридал, пашманлъиялъул цӏурал ругел. Хӏалтӏуда гъорлъ йосанагӏан гӏумруялъул кьогӏлъиги кӏочона. Гьей къаси-къаси «Маидат» исламияб рестораналда хӏалтӏулаан, къадин абуни мадрасаялда Къуръан цӏалиялъул дарсал малъулаан. Цохӏо вугев вас Хӏабибулагьие тарбия кьолелъулги гьелъ лъикӏлъиялъул дарсазде цӏикӏкӏун кӏвар кьолаан.\nКъварилъиялдаса хадуб\nгӏатӏилъи камуларо\nГӏадамазул рекӏее парахалъи сайгъат гьабулел нашидал ахӏизеги гьелъ ракӏалдаго гьечӏого байбихьана. Мавлидал ахӏулелъулги гьелъул гьаракь сверухъ ругезе цӏакъ рекӏее гӏолаан. Профессионалияб къагӏидаялъ нашидал ахӏизе бокьилин ракӏалде ккараб пикру гьелъ хехго гӏумруялде бахъинабуна. Рекӏелъ бугеб хӏинкъиги нахъе цун, ахӏана тӏоцебесеб нашид. Гьелъулъ батана Фатимае рохелги хинлъиги. Гьале кӏиго соналда жаниб Фатимал нашидазул лъабго концерт тӏобитӏана.\nКъисматалъ мугъ рехаразе «ракӏ батизе» кумекалъе «Фатима Гӏисаевалъ лъикӏлъи сайгъат гьабула» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул проектги гӏуцӏун, нашидал ахӏула гьелъ, рес къотӏаразе гӏарац бакӏарун кумекги гьабула. Инстаграм ва цогидал социалиял гьинал гьоркьорккун хӏажатазе кумек гьабизеги гьей чӏухӏуларо.\nФатима Гӏисаевалъ хӏаракат бахъула щивав чиясул рекӏелъе нух батулел, магӏна гъваридал нашидал ахӏизе. Фатималгун ургъел бикьизе байбихьана гьейго гӏадин къисматалъ къварид гьарурал магӏарул руччабаз. Эбелалде чучулеб ургъелги инсуде бикьулеб къварилъиги — гьел тӏокӏалъ тӏадруссунареб абадияб дунялалде индал кочӏол мухъазе бикьула гьезул гӏагарлъиялъ. Фатимацаян абуни гьел мухъал рекъезарун нашидал ахӏун къваридал ва унтарал ракӏал сах гьарула. Бахӏаразе — рохалилал, дунявиял ва диниял насихӏатал гьарурал нашидал сайгъат гьарула. Гьел цӏияб гӏумруялде нуха регӏула лъикӏаб дугӏагун ва насихӏатгун.\nЦӏияб хъизамалъулъ батана талихӏ\nКъадруяй, жиндирго къимат гьабизе лъалей чӏужугӏадан сверухъ ругезги кӏодо гьаюла. Щиб кканиги, Фатимаца хӏаракат бахъулаан жиндирго намусги къадруги цӏунизе.\nТворчествоялде машгъуллъун йикӏарай гьелъие талихӏалъул бакъ гвангъана. Цӏияб ригьналъ батана талихӏ. Гьелъул рос Шамилилги руго васги ясги. Цебе цохӏо лъимер букӏун батани, гьанже лъабго бугин абула Фатимаца. Гьабсагӏаталда гьей гӏумру гьабулей йиго росасул ватӏан — Хьаргаби районалда."}
{"slug": "9677-dag-istanal-ul-melioratsiya-zhak-a-va-meter", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9677-dag-istanal-ul-melioratsiya-zhak-a-va-meter", "title": "Дагъистаналъул мелиорация: жакъа ва метер", "date": "2020-10-12 08:34:02", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "2020 соналъул 24 сентябралда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул данделъиялда кӏалъалаго, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас абуна: «Дагъистаналъул экономикаялда аслияб бутӏа ккола агропромышленнияб комплексалъ (АПК) – гьелъул цебетӏеялда бараб буго росабалъ гӏумру гьабулел гӏемерисел дагъистаниязул», — ан.\nГьаб макъалаялда бокьун буго «Мелиорация – Дагъистаналъул АПК цебетӏезабиялъул стратегияб рахъ» абураб темаялда гьабураб Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул кӏалъаялдаса аслиял бутӏабазул баянал кьезе.\nГӏаммал баянал\nРеспубликаялда росдал магӏишат цебетӏеялъе руго захӏматал тӏабигӏиял шартӏал: бекьулеб ракьул 75 процент буго ракъдаллъиялда, 16 процент – цӏадал къанагӏатаб ва лъалъазе кколеб ракьул ва гӏицӏго ичӏго процент – дагьа-макъабниги тӏабигӏияб регьел щолеб ракь. Гьебго заманалда, Дагъистан буго лъел рахъалъ бечедаб бакӏ. Гьединлъидал республикаялъул росдал магӏишат цебетӏезабиялъе цӏакъ санагӏатаб иш ккола мелиорация. Гьабсагӏаталда республикаялда ракьал лъалъазе санайил хӏалтӏизабула цо миллиардгун микьго миллионалдаса цӏикӏкӏун кубометр лъел.\nРоссиялъул лъалъалел ракьазул гӏаммаб хӏисаб гьабидал, Дагъистаналъ ккола 8,5 процент, СКФОялда ругезул – 40,2 процент. Мелиорациялъул кумекалдалъун хӏалтӏизабула республикаялъул росдал магӏишаталъул ракьул 395,6 азарго гектар, гьезда гьоркьоса 65 процент ккола бекьулеб ракь (Россиялда – гӏицӏго микьго процент). Республикаялъул росдал магӏишаталъул ракьул гӏицӏго 12 процентлъун ккола лъалъалеб ракь, амма гьенир хӏадурула хурухъанлъиялъул нигӏматазул 70 проценталдасаги цӏикӏкӏун (гӏарцул хӏисаб гьабун, гьеб ккола 45 миллиардгӏанасеб гъурущ).\nСалул гьужум\nРакьал лъалъазе къваригӏунел каналал Дагъистаналда рана араб гӏасруялъул 50-60-абилел соназда. Рана гьел, инженериял роценалги хӏисабалде росичӏого. Гьезул гӏемерисел гьабсагӏаталда бакӏ-бакӏаздаса риххун ун руго, гьединлъидал, проекталда бихьизабуралде данде ккун, 50-60 проценталъ дагьлъун буго гьезул пайда. Каналазда рукӏине кколел гидротехникиял алаталги, нормативазде данде ккун, лъабго нухалъ дагьал руго. Гьелъие гӏилла — араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаса байбихьун, лъалъалел ракьазе биччалеб букӏараб гӏарцул къадар гӏезегӏанго мукъсанлъи.\nХӏинкъараб хӏалалде ккун буго Гъизляралъул мучӏдузулги Чӏегӏер ракьазулги (1519 азарго га) экологияб ахӏвал-хӏал. Гьениб хасало хьихьула кӏигогун бащдаб миллион бетӏер гӏиял. Рехсарал ракьазул 90 процент чӏунтун руго ва гьабсагӏаталда 70 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар сверулеб буго салул авлахъалде. Хӏажат буго гьеб масъалаялдеги кӏвар кьезе ва ракьаздаса гӏакъилго пайда босизе.\nМасъалаби тӏуразаризе ресал\n2014 соналда къабул гьаруна «2014-2020 соназда Россиялъул росдал магӏишаталъул ракьазул мелиорациялъул цебетӏей» ва «2012-2020 соназда Россиялъул Федерациялъул лъелгун магӏишатияб комплекс цебетӏезаби» абурал федералиял программаби. Гьел хӏалтӏизариялъул хӏасилалда дагьабго лъикӏлъана бицен гьабулел ракьазда бугеб ахӏвал- хӏалги.\nРехсарал программабазул кьучӏалда ва «АПКялъул нигӏматазул экспорт» абураб федералияб проекталда рекъон чӏезаруна мелиоративияб комплексалъе пачалихъияб кумек гьабулел тадбирал. Гьел ккола:\n— магӏишатазда гьоркьосел каналал цӏигьари;\n— ихдал цӏадал цӏикӏкӏиналъул хӏасилалда щварал гӏораз каналазул рахъал риххизарунгутӏиялъе ва росдал магӏишаталъул ракьалгун росаби лъелъ гъанкъунгутӏиялде данде тадбирал гӏуцӏи;\n— субсидиялги кьун, росдал магӏишаталъул кооперативазегун предприятиязе кумек гьаби: магӏишатазда жанисел каналал раялъухъ, къачӏаялъухъ, цӏи гьариялъухъ ва техникиял алатаздалъун хьезариялъухъ 70 процент; чӏунталиде ккарал ракьазда агролесомелиоративиял, фитомелиоративиял, ай ракь цӏилъулел тадбирал гӏуцӏаралъухъ — 90 процент; рехун тарал ракьал цӏидасан хӏалтӏизаризе байбихьиялъул мурадалда лъалъазе санагӏатал бакӏал цӏуладасагун чӏахӏ-къулалдаса, ганчӏаздаса ва цогидал жалаздаса эркенги гьарун, гьенибе сали-ракь баччун, гьеб бухъун-бегун, хурзал гьариялде харж гьабураб гӏарцул – 90 проценталъ; мучӏдузда артезиан бухъиялъухъ араб гӏарцул — 70 проценталъ.\nАхирал соназда регионалда гӏураб хӏалтӏи гьабуна мелиоративияб комплекс нормативазде рекъонккезабиялъул мурадалда. Пачалихъияб кумекалдалъун, ахираб щуго соналда жаниб росдал магӏишаталъул нухмалъулез рана ва къачӏана магӏишатазда жанисел каналал – гьезул лъеца лъалъала 69,33 азарго гектар ракьул; 35,33 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектаралда цӏи гьаруна ва рана пиринчӏ бекьулел чекал.\nСалул авлахъалде сверунгутӏиялъул мурадалда 10,25 азарго гектаралда гӏуцӏана фитомелиоративиял тадбирал 8653 гектаралда гьабуна культуриябгун техникияб хӏалтӏи. Гъоркьиса мучӏдузда бухъана анлъго артезианалъул гъуйги.\nГьединал хӏасилазе квербакъана аслияб къагӏидаялда пачалихъияб кумекалъ. Ахираб 30 соналда жаниб тӏоцебесеб нухалда гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса мелиорациялъе кьун букӏана 500 млн гъурущ. Гьеб гӏарцухъ гьарурал тадбиразул хӏасилалда рекъон, кӏиго- лъабго соналдаса гьел ракьаз кьезе буго лъикӏаб бачӏинги. Пачалихъияб кумек щвана 178 магӏишаталъе — гьел ккола пиринчӏ бекьизе цӏиял ракьал хӏалтӏизарурал Гъизляр ва Тарумовка районазул ракьал.\nГъоркьиса 21 азарго гектаралдаса бакӏарана 95,2 азарго тонна пиринчӏалъул. Масала, 1987 соналда бакӏарун букӏана 89 азарго тонна. Тӏоцебесеб нухалда къватӏибе битӏана пиринчӏалъул 1,2 азарго тонна.\nИнвестициял ва гьезул хӏасил\n2019 соналда мелиорациялде кьуна инвестициязул гӏарцул кӏиго миллиардгун микьго млн гъурущ: цогун бащдаб млрд гъурущ — ДРялъул Росдал магӏишаталъулгун кванил нигӏматазул министерствоялъ (282 млн гъурущ федералияб ва 500 млн гъурущ республикаялъул бюджетаздасаги ва росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадуриялде — 771 млн гъурущ) ва «ДРялъул Мелиорациялъулгун лъел магӏишатазул министерство» абураб ФГБУялъул рахъалдаса — цо миллиардгун лъабнусго млн гъурущ.\nИсана мелиоративияб комплексалъе ДРялъул Росдал магӏишаталъулгун кванил нигӏматазул министерствоялдаса кьезе буго 550 млн гъурущ. Гьезухъ республикаялъул росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадурулел предприятиязе бецӏизе буго мелиоративиял хӏалтӏабазухъ гьез харж гьабураб гӏарац: 5860 гектаралда рана ва цӏигьаруна каналал, росдал магӏишаталъе цӏунана 3000 гектар, 4000 гектаралда гьаруна фитомелиоративиял тадбирал, 700 гектаралда хӏалтӏизаруна сурсатал цӏунулел технологиял.\nГидромелиоративияб хӏалтӏи цӏи гьабулеб буго «ДРялъул Минмелиоводхоз» абураб ФГБУялъги. Хӏалтӏизарулел руго гьелъул мурадалда федералиял программабиги. Къачӏан бахъунеб буго Сардапкенталъул лъим бикьулеб пункт. Гьелдалъун Сулейман-Стальск районалъул Карчагъ авлахъалде чвахизе буго лъим. Гьелдалъун рес щвезе буго ток тӏокӏлъизабизеги лъалъалеб ракьул 2500 гектар хӏалтӏизабизеги. Байбихьун буго ахал гӏезариялъул проект гӏумруялде бахъинабизеги. Жакъа къоялде 120 гектаралда чӏун руго пихъил гъутӏби.\nХинлъиялъул хӏинкъи\nГидрометеорологиялъул хъулухъалъул Дагъистаналъул централъул баяназда рекъон, ахираб 40 соналда жаниб 30 проценталъ дагьлъана Северияб Кавказалъул мугӏрузда бугеб цӏер; ахираб 5-10 соналда жаниб 0,3-0,5 градусалъ багӏарана Дагъистаналда гьава-бакъ ва 15-30 проценталъ дагьлана ралел цӏадазул къадарги.\nСоветияб заманалда хӏалтӏизабулаан цӏадхӏалаб заманалда ва ихдал гӏазу-цӏер биараб мехалда лъим данде гьабиялъул къагӏида (ирригация). Гьелъ лъалъалаан ракьалги. Советияб улка биххаралдаса нахъе ирригациялъул объектазе техникияб хъулухъ гьабичӏо ва гьел рехунго тана.\nГьабсагӏаталда республикаялда буго 33 ирригациялъулаб хӏор: 23 – магӏишатазда гьоркьосеб ва 10 – пуланаб магӏишаталъул балансалда бугеб. Гьезул цо-цоял ран руго дагьалъ цере, гьанжезаманалъул технологиязул кьучӏалда. 33 хӏориниб данде бакӏаризе бегьула 94 млн лъел кубометр ва гьелъ лъалъазе рес щола 10 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар. Гьоркьоса къотӏичӏого ракьал лъалъазе гьеб лъим гӏоларо. Гьединлъидал Югалъулаб Дагъистаналда 2012 соналдаса нахъе балеб буго Шурдере абураб ва 50 млн кубометра унеб лъел хӏор. Гьеб цӏезабизе буго Самур гӏурул лъиналъ. Гьелъ рес кьезе буго тӏолабго лъагӏелалъ 25 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар лъалъазе. Шурдере хӏоралда сверухъ щунусгогӏанасеб гектаралда гьанжеялдего чӏун буго цӏолбол гъабуги."}
{"slug": "9680-bishchun-l-ikiab-daru-privivka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9680-bishchun-l-ikiab-daru-privivka", "title": "Бищун лъикӏаб дару — прививка", "date": "2020-10-12 10:59:49", "categories": ["med"], "text": "Дунялалда тӏадго коронавирусалъул пандемия тӏибитӏулеб букӏиналда бан, рахӏат хвезабун буго «Хӏакъикъаталъул» цӏалдолезулги. Гьеб рахъалъ жакъа республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьелдаса цӏуни-къай гьабизе кколел къагӏидабазул бицун, нижер суалазе жавабал кьуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул Управлениялъул отделалъул начальник Мурад Рамазановас:\n— Мурад, коронавирусалъ гӏадамал унтиялъул рахъалъ Дагъистаналда щиб хӏал бугеб?\n— Тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго унтаразул къадар. Гьоркьохъеб хӏисабалда, щибаб къоялъ республикаялда хъвай-хъвагӏай гьабулеб буго 82 унтарасул. Унтаразул 38,4 процент буго Махӏачхъалаялда. Цӏикӏкӏун унтулел руго 50 сонил ригьалдаса тӏаде арал чагӏи (53,4 %).\nЦӏех-рехаз бихьизабулеб буго, аслияб куцалда, унти тӏибитӏулеб букӏин хъизамалъул чагӏазул бухьеналдалъун ва гӏемерал гӏадамал данделъулел бакӏазде иналдалъун.\n— Республикаялда кин гӏуцӏун бугеб унтун рукӏин чӏезабиялъул цӏех-рехал тӏоритӏиялъул иш?\n— Коронавирусалъул тестирование гьабиялъе ичӏго базаялда гӏуцӏун руго лабораториял: лъабго — Роспотребнадзоралда, ункъо -пачалихъалъул медучреждениязда, кӏиго — коммерциялъулал лабораториязда. Гьединал цӏех-рехал тӏоритӏула туберкулезалъул больницаялъул бактериологияб лабораториялдаги. Гӏаммаб къагӏидаялда сордо-къоялда жаниб 3648 чиясухъ хал-шал гьабизе гӏураб къуват буго.\n— Гӏадамазде кинха коронавирус бахунеб?\n— Къватӏул унтабиго гӏадин, коронавирусги тӏибитӏула унтаразул чинхъи-хъегӏиялъул къатӏрабаздасан. Гьеб гуребги, гьеб бахине бегьула нуцӏил чорокаб кверкъелалдасан, кӏалалда, магӏазукъалазда яги беразда чорокал кверал хъваялдалъун.\n— Коронавирусалъ унтун рукӏин кин лъалеб?\n— Свакаялъул асар, хӏухьел цӏазе захӏмалъи, цӏа-кан бахин, сири бай, бетӏер, щекъер ва ччорбал унти, хъегӏи, мегӏер буччин. Цо-цо мехалда букӏуна чехь-бакьазул гӏадлу хвей, ракӏ багъари, щвезе бегьула риххел, ай гриппалда ва гӏадатияб квачалъул унтиялда релълъарал.\n— Гӏумруялъе хӏинкъи бугеб къокъаялде гьоркьоре щал унел?\n— Гьеб вирусалъ унтизе бегьула бокьараб ригьалъул чагӏи. Амма, загӏипаб иммунитет бугел, лъимал ва 65 сонил ригьалдаса тӏаде арал чагӏи рикӏкӏуна хехго унтизе рес бугеллъун.\n— Коронавирусалда ва гриппалъул вирусалда гьоркьоб кинаб батӏалъи бугеб?\n— Коронавирусалъул ва гриппалъул вирусалъул рукӏине бегьула релълъарал гӏаламатал. Амма гьезул генетика буго цӏакъ цоцада релълъинчӏеб.\nГриппалъул вирус гӏемерлъула хехго ва гьелъул гӏаламатал тӏатуна кӏиго-лъабго къоялдасан. Коронавирусалъе абуни хӏажалъула 14 къо.\n— Кин лъазе кӏолеб хас гьабун коронавирусалъ унтун рукӏин?\n— Жиндир заманалда тӏатинабуни, бигьалъула гьеб захӏматаб унтудаса сах гьаризе. Инсанасул чорхолъ коронавирус бугищали лъазабиялъе Роспотребнадзоралъул гӏелмиял идарабаз хӏалтӏизабула молекуляриябгун генетикияб къагӏида. Гьелъул кьучӏалда тӏобитӏула тестирование. Роспотребнадзоралъул диагностикиял лабораториязда чӏезарун руго къваригӏунел алатал ва лъикӏал специалистал.\n— Цо-цо тохтурзабаз абулеб буго ковидги, ихдал-хасалихъе бахунеб гӏадатияб грипп гӏадаб унтилъун лъугьине бегьулин…\n— Битӏараб буго, коронавирусги лъугьине бегьула цоясдаса цогидасде бахунеб, грипп гӏадаб унтилъун. Гьеб тӏубанго тӏагӏинеги бегьула. Кинабго бараб буго вакцинабазул хӏасилалда.\n— Щиб жо кколеб «самоизоляция», гьелъул кинаб пайда бугеб?\n— Цоцаздаса тӏезари ккола коронавирусалдаса цӏуниялъе гьабулеб тадбир. Цӏа-кан бахарал, хъегӏулел, чинхъулел гӏадал гӏаламатал ругел чагӏи рокъор чӏезе ккола.\n— Коронавирусалъ унтарав рокъов вугони, хъизамалъул чагӏаз щиб гьабизе кколеб?\n— Чара гьечӏого киназго кьезе ккола анализал. Тесталъул хӏасилалъухъ балагьун, гьел больницаялда регизаризе бегьула яги 14 къоялъ рокъобго карантин лъазабула.\nГьединго, лъималазда бицина коронавирусалдаса цӏунизе кколеб къагӏидаялъул. Бицина микробал кин тӏиритӏулелали ва квералгун гьумер чуриялъул букӏунеб кӏваралъул. Хъизамалъул щивав чиясул букӏине ккола жиде-жидер хасаб полотенце, цаби чурулеб щетка ва цогидабги. Рокъобе ризго биччала цӏияб гьава.\n— Цо-цо тохтурзабазгицин абулеб рагӏана рахунел унтабаздаса цӏуниялъе маскабазул кинабгӏаги пайда букӏунарин…\n— Гьеб буго кьучӏ гьечӏеб хабар. Медицинаялъул маскабаз нилъ цӏунула вирусаздаса. Къватӏул унтабаздаса цӏуниялъецин чара гьечӏого маскаби разе ва къойида жаниб чанго нухалъ гьел хисизе ккола.\n— Коронавирус бахиналдаса нилъго цӏуниялъе щиб гьабизе кколеб?\n— Аслияб жо ккола рацӏцӏалъи цӏуни. Щибаб гӏужда сапнаца кверал чурила ва хӏалтӏизарила вирусал чӏвалел жал.\nКӏванагӏан квер хъваге гьурмада. Кидаго цадахъ букӏине ккела дезинфекция гьабулел жал. Унге гӏемерал гӏадамал ракӏарарал бакӏазде. Кверал рачиналдаса инкар гьабе, аскӏор ругезда гьоркьоб кӏиго метралдаса дагь гьечӏеб манзил чӏезабе.\n— Нилъер республикаялда кида байбихьизе бугеб коронавирусалда данде прививка гьаби? Жидеего бокьунищ яги хӏалица тӏамунищ вакцинация гьабизе бугеб?\n— Дагъистаналде бачӏана коронавирусалда данде чӏолеб вакцинаялъул тӏоцебесеб партиялъул 42 доза. Гьеб кинабго хӏалтӏизабизе буго медицинаялъул хӏалтӏухъабазда гьабизе, щайгурелъул гьел ккола гӏумруялъе хӏинкъи бугел бакӏазда хӏалтӏулел чагӏи. Кватӏичӏого бачӏине буго вакцинаялъул цӏияб партияги. Прививка гьабизе буго жидеего бокьун.\n— Коронавирусгун къеркьолаго, хасалихъе гӏадамал унтизе байбихьулеб гӏадатияб гриппги кӏочене бегьиларо. Кида байбихьизе бугеб гьелдаса цӏуниялъе прививка гьабизе? Республикаялда гьелъие хӏажатаб вакцина бугищ?\n— Исана республикаялде бачӏине ккола гьелъул 1450000 доза. Лъималазе – 850000, чӏахӏиязе — 600 000 доза. Исана ракӏалда буго 60 проценталдаса цӏикӏкӏун халкъалъе прививка гьабизе. Республикаялде бачӏун буго вакцинаялъул тӏоцебесеб партияги. Прививка гьабиялъе бищунго лъикӏаллъун рикӏкӏуна сентябрь-ноябрь моцӏал. Гьеб гьабун кӏиго анкьидаса лъугьуна чорхолъ букӏине кколеб даражаялъул иммунитет. Гьебги хӏисабалде босун, прививка гьабизе ккола грипп тӏибитӏизе байбихьилалде цебе. Вакцинация гьабун хадуб, лъагӏалидасан иммунитеталъул къуват лъугӏулелъул, гьеб гьабизеги ккола санайил."}
{"slug": "9683-mesedil-mugal-rishchun-kuna-magiarulaze", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9683-mesedil-mugal-rishchun-kuna-magiarulaze", "title": "«Меседил мугьал» рищун кьуна магӏарулазе", "date": "2020-10-12 11:21:45", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Цӏикӏкӏараб гӏелалъул гӏадамазда, хасго педагогазда ракӏалда ватила Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялда авар мацӏалъул дарсал кьолев вукӏарав Мухӏамад Гӏабдулаев. Гьев гьавуна 1924 соналда Цӏумада районалъул Лъондода росулъ. Анкьго класс росдал школалда лъугӏизабурав гьев Кӏванада байбихьул школалде учительлъун хӏалтӏизе витӏана.\nРагъул соназда росулъ 8-9 классалги къан, анкьго класс лъугӏизабурал гӏолилал районалъул росабалъе учительзабилъун хӏалтӏизе ритӏун рукӏана.\nКӏванада росдал школалда хӏалтӏул хӏалбихьи щварав М. Гӏабдулаев Лъондоде хӏалтӏизе вачана, цинги тӏамуна Гьигьалъ байбихьул школалъул заведующийлъун, Лъондода росдал анкьгосонилаб школалъул директорлъун.\nЛъимерлъудасаго инвалид вукӏана Гӏабдулагьил Мухӏамад. Гьедин бугониги, гьев цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялде. Гьесие бигьаго букӏинчӏо рорхатал мугӏрузда, рикӏкӏада бугеб районалдаса шагьаралде цӏализе ине. Амма сундухъго балагьичӏого, 1950 соналда гьес бергьенлъиялда лъугӏизабуна Буйнакскиялъул педагогикияб училище ва цӏализе лъугьана Дагъистаналъул учительзабазул институталъул филологияб факультеталде. Гьенив лъикӏ цӏалулев М. Гӏабдулаевасе щолаан Кировасулаб стипендияги.\nЛъикӏал къиматазда институт лъугӏизабурав Лъондодаса гӏолохъанчи ДАССРалъул Халкъияб лъай кьеялъул министерствоялъ витӏана Буйнакскиялъул руччабазул педагогикияб училищеялде авар мацӏалъул преподавательлъун хӏалтӏизе.\nГьениб рагьана гьесул творческияб бажари буголъи ва гӏелмияб пагьму. Гьесухъа бажарана гьенире цӏализе лъугьунезул къабул гьариялъул экзаменал, районазде ун, гьенирго росизе рес букӏунеб хӏалалда, пайдаяб иш гьабизе.\nАраб гӏасруялъул 50-60-абилел соназда мугӏрузул районаздаса ясал дагьал гурони цӏализе гьоркьохъел ва тӏадегӏанал цӏалул идарабазде лъугьунел рукӏинчӏо. Чан нухалъдай М. Гӏабдулаевас гьарун, цӏалун эбел-эмен разилъизарурал жидерго ясал Буйнакскиялъул руччабазул педагогикияб училищеялде цӏализе ритӏизе.\nБайбихьуда Буйнакскиялда, хадуб Избербашалда гьев хӏалтӏараб 25 соналда жаниб гьеб цӏалул идараялъ хӏадур гьавуна гьоркьохъеб педагогикияб лъаялъул аза-азар учитель.\nПедагог хӏисабалда М. Гӏабдулаев вукӏана тӏалаб бугев, кьварараб хӏалалда хӏалтӏулев чи. Бицунаан, тӏехьалде валагьичӏого, гьесда рекӏехъе лъалаанин диктанталъул текст ва гьедин цӏалдохъабаздаги хъвазабулаанин. Зама-заманалдасан педагогас хӏадурун, къватӏире риччалаан учительзабазе ва педучилищеязул преподавательзабазе цӏалул тӏахьал.\n1964 соналда гьес лъугӏизабуна В. И. Ленинил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет.\nФилологиял гӏелмабазул кандидатал Зайнулгӏабид Къурбановасда ва Мухӏамад Муртазагӏалиевасда цадахъ М. Гӏабдулаевас хӏадур гьабуна ва басмаялда бахъана «Авар мацӏалъул орфографиялъул словарь». Гьев ккола авар школазе къватӏире риччарал цӏалул тӏахьазул авторги. Авар мацӏалда тӏад хӏалтӏарал гӏалимзаби, мунагьал чураял Шигьабудин Микагӏиловасда, Якъуб Сулеймановасда, Гульжагьан Мадиевалда ва Мухӏамад Муртазагӏалиевасда цадахъ хӏалтӏун, хӏадур гьаруна ва басмаялда рахъана байбихьул школалъул киналго классазул, педагогикиял училищабазул авар мацӏалъул учительзабазе кумекалъе цӏалул тӏахьал, программаби, методикиял пособиял.\nШколазул ва педагогикиял училищабазул цӏалдохъабаз, ДГУялъул Дагъистаналъулал мацӏазул отделениялъул студентаз, авар мацӏалъул учительзабаз, жидерго рахьдал мацӏ бокьулез ва цӏунулез цӏикӏкӏараб гъираялда къабул гьабуна Гӏабдулаевасул «Меседил мугьал» тӏехьги.\nАраб гӏасруялъул 70-абилел соназда Мухӏамад хӏалтӏана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал школалъул директорасул цӏалул рахъалъ заместительлъунги.\nГӏун бачӏунеб гӏелалъе гъваридаб лъай ва лъикӏаб тарбия кьеялъулъ росарал чӏахӏиял хӏасилазе гӏоло 1966 соналда ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указалдалъун М. Гӏабдулаевасе кьуна «ДАССРалъул школазул мустахӏикъав учитель» абураб хӏурматияб цӏар. 1970 соналда мустахӏикълъана «Къадруяб захӏматалъе гӏоло» медалалъе. 1983 соналда РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указалда рекъон, педагогикияб хӏалтӏулъ росарал бергьенлъабазухъ Мухӏамадие щвана «РСФСРалъул школазул мустахӏикъав учитель» абураб цӏарги.\nИнсул нухдасанги ун, педагогасул махщел тӏаса бищана Мухӏамад Гӏабдулаевасул ясал Хӏабсатица ва Патӏинаца, вас Гӏабдулагь ккола минаби ралев чи.\nТохлъукьегояб хвелалъ Гӏабдулаев Мухӏамад нилъер кьеразулъа ватӏа гьавуна, амма нилъгун руго гьес нахъе тарал лъикӏал ишал, гьес тарбияги лъайги кьун гӏезарурал кӏиго-лъабго гӏелалъул цӏалдохъаби. Гьесул цӏар лъун буго Гъизилюрт районалъул Комсомольское росдал цо къватӏалдаги."}
{"slug": "9684-l-ikil-iyal-ulgi-yakhial-ulgi-nukhal-giatiidav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9684-l-ikil-iyal-ulgi-yakhial-ulgi-nukhal-giatiidav", "title": "Лъикӏлъиялъулги яхӏалъулги нухал гӏатӏидав", "date": "2020-10-12 12:11:20", "categories": ["insan"], "text": "Расалъаби тӏугьдуз, тӏогьал гӏаздал цӏураб ихдалил къоялъ лъай-хъвай ккана дир Гӏиса Шарапудиновасулгун. Тележурналистка Хатимат Мухӏамадовалъ гӏуцӏараб гӏолохъанал шагӏирзабазул данделъи тӏобитӏулеб мех букӏана доб.\n— Гӏисаги вачӏунев вихьула, — ян Малачиева Гӏайшатица абидал, ниж киналго гьей юссараб рахъалде ралагьана. Гьурмада разияб гьимиги щущан, гъутӏбузда нахъасан ваккун вачӏана Гӏиса. Хъатикь ккураб папкаги сверизабулаго, гьев нижеда аскӏове вачӏана, салам кьуна, байрам баркана. Нижее гьитӏинабго рецц-бакъги гьабун, нахъе унев вукӏарав гьев Гӏайшатица чӏезавуна ва абуна:\n— Гӏиса, лъай-хъвай гьабизе бокьиларищ магӏарул гӏолохъанал шагӏирзабазулгун, — ан.\nЦинги тӏадеги жубана гьав вугин Гумбет районалъул Игьалиса Гӏиса Шарапудиновилан.\nНижер щиялъе бетӏерги къулун, лъай-хъвай ккеялдаса рази вукӏин бичӏчӏизабуна гьес. Намус гъорлъ жубараб гьесул гьимиялъ бицунеб букӏана гьев цӏакъ ракӏ бацӏцӏадав чи вукӏин. Гьеб къоялъ нижгун цадахъ суратги бахъун ана гьев гьениса нахъе.\nКӏиабилеб нухалда Гӏиса дандчӏвана мунагьал чураяв Гӏабасил Махӏамадил рокъов. Гьесиеги гьесул лъади Савдатиеги кватӏун щварав вас гӏадинав чи вукӏана Гӏиса. Гьесул кӏудиял чагӏаздехун бугеб рокьиги недегьаб бербалагьиги бихьулеб буго, Гӏабасилав хведалги, гьесул лъади Савдатил адаб Гӏисаца рехичӏолъиялдасан. Ячун лъади Чакаргун гьев Савдатиде ваккизе Лъагӏилухъе инчӏого вукӏунаро. Мунагьал чураяв Гӏабасиласги гӏемер абулаан, жакъалъизегӏан Гӏиса лъачӏого араб гӏумру гӏадада араблъун тезе бегьулилин, гьев, лъикӏав шагӏир гуревги, лъикӏав инсанги вугин. Лъикӏав инсанилан абураб цӏар бокьа-бокьарав чиясе щолеб жоги гуро.\nЛъикӏлъиялъулги яхӏалъулги нухал гӏатӏидав Гӏисалгун дандчӏваял гӏемерлъанагӏан дирги гьесдехун адаб цӏикӏкӏана. Дир адабги борцун, гьесги вацлъи рагӏизабуна. Дир тӏулил щуго вац вугониги, гьезул кьерда тезе мустахӏикъав, яхӏги гӏаданлъиги бугев, чӏужугӏаданалъул къадру-къиматги цӏунулев чи ватана гьев.\nГьелъие мисалги буго Гӏисаца чӏужугӏаданалъе хъвараб кечӏ.\nЧӏужугӏадан, дица дур адабалъе,\nНамусалъул хасаб си буго балеб.\nГьелъул тӏадегӏанаб гӏаламат ккола,\nГӏумруялъ кидаго дур течӏеб адаб.\nГӏиса вуго гьудулзаби гӏемерав, гӏадан хирияв, инсанасда гурхӏел бугев, херазул тӏалаб тӏаде босулев, квер гӏатӏидав, садакъа гьарзаяв чи. Гьелъие нугӏлъиги гьабула гьал рагӏабаз.\nДун кив вугониги, киве щваниги —\nВатӏанияб тӏалаб тӏад бугев инсан.\nТӏолабго гӏумруги рекӏел рокьиги\nБокьулеб ракьалъе кьезе бугев чи.\nБокьулеб ракьалъе хилиплъичӏого, рекӏел хинлъи тӏаде гӏолеб гӏелалъеги бикьун, инсул гъасда цӏаги ккун, жакъаги росулъ вуго Гӏиса. Гьев вуго пикру роцӏарав, рагӏи гъваридав шагӏир, сабурав мугӏалим, камилав муъминчи. Гьес жиндирго тӏахьазеги кьуна цӏакъ берцинал ва хӏикматал цӏарал: «Намусалъул ах», «Тӏокӏкӏарал иццал», «Бисил тӏинчӏ», «Талихӏалъул хӏинчӏ», «Дир цӏвабзазул Дагъистан» абурал. Щибаб тӏехьалда жаниб буго цӏалдолесул ракӏ тӏаде цӏаледухъ хӏикматал рагӏабаздалъун бахъараб сурат. Гьелъ цӏалдолесе асар гьабичӏогоги толаро. Масала, «Рилълъа Ахӏулгохӏде зияраталъе» абураб поэмаялда буго:\nГьаниб гохӏда щибаб галиялда гъоркь,\nГаргар буго жеги жаназабазул.\nЖал хун гьечӏин абун, чӏаго ругилан,\nЧӏела дуда цере гьенир муридал.\nГъоба гъоркьа Гъойсу, гъулгъулел кӏкӏалал,\nКӏкӏуйдулъ босун унеб Ахӏулгохӏда рагъ,\nИмамасул чӏварай лъадиялда тӏад,\nЛъимадул эбелан, ахӏулеб гьаракь.\nГьеб гьаракь жакъаги гӏинда рагӏулеб кинниги, рагӏабазулъ лъун буго шагӏирас.\nЛъималазе хъварал, махсара-хочӏалъул, Ватӏаналъул унти-тӏалабалъул, гьобол-гьудуласе сайгъат гьарурал, жиндирго рекӏел хӏасрат рагьарал, чан батӏияб накъищ бекьун бугеб гьес жиндирго асаразда жаниб, цӏалдолесул рекӏее унго-унгояб асар гьабулеб куцалда. Гьез гӏодизеги, релъизеги, рохизеги, хинлъизеги тӏамула.\nГьаб ахир заманалда тӏахьал цӏалулел чагӏи къанагӏатаб заманалда, хӏикмалъизе бачӏана, Мелъелтӏа гӏуцӏараб Гӏисал творчествоялъул сордо бихьидал. Гьесул творчество, жакъа къалмидеги босун, метер тӏанчида бегун хутӏулареблъи бихьулеб букӏана гьениб.\n«Росабазул тарихги гӏакълабазул квацӏиги» гӏун бачӏунеб гӏелалъе жакъа чара гьечӏого хӏажат буго. Гьеб хӏажатаб хазина халкъалъе цӏуниялда тӏаде кӏвар кьола Гӏисаца. Бакълъулазул тарих жанибе бачараб, жакъасебги сонисебги заманалъул сипат-сурат, гӏадат-яшав, гӏамал-хасият рагьараб Гӏисал творчествоялдаса нилъер наслуялъ пайда босичӏого теларилан ккола. Гьеб гьедин букӏинги бихьулеб букӏана гьесул творчествоялъул бицунел вечеразда.\nГӏисал гӏемерал руго махсара-хочӏалъул кучӏдул, гьел цӏалулезухъ гӏенеккаразе щола гӏемераб кеп. Мисалалъе росизин «Хӏамиде магӏу» абураб кочӏодаса цо-цо куплетал.\n* * *\nРихьун хӏамул течӏеб «Тулпар» букӏанин,\nТарабищ, Мухӏамад, хӏамица дунял?\nТохаб пиша ккечӏеб чӏухӏи букӏанин,\nЧӏвандай хвана пакъир, хоб кибдай буго.\n* * *\nАхил гӏарза буго Гӏалибегиде,\nГӏадамаца гӏадин жиб хьихьейилан.\nГъотӏол гьари буго мадугьаласде,\nЖиб бакъун танани, талихӏ къинилан.\nГъотӏол гьариги къабул гьабун, гӏалахалда бащдаб гӏумруги тӏамула Гӏисаца.\nГьесул куракалъул кеп босулареб сон шагӏирзабазул къанагӏатги букӏунаро. Гьес цин цо хасаб юк Хъвадарухъабазул союзалде щвезабула. Цо-цо мехалъ хӏикмалъизецин бачӏуна, кин гьесухъа гьабгощинаб хӏалтӏи гьабун бажарулебиланги. Хур-ахги, боцӏи-панзги, наялги, школагун шигӏруги, гьобол-гьудулги, жамгӏияб хӏалтӏиги. Гьесие нижеца цо-цо махсарацин гьабула дуда цадахъ шайтӏаби хӏалтӏулел ратилилан. Шайтӏаби гурин, малаикзабиян абун гьевги велъула.\nГьеб гьедин букӏине ресги буго, хварал умумуз кьураб дарс рехичӏого Аллагьасул нухда витӏун хьвадиялъул баракат батила гьеб гьесие. Гьев воржунел зобал рацӏцӏуней, гьев хьвадулеб нухда гӏурччинаб ихлъун тӏегьарай гӏумруялъул гьудул Чакарилги гьунар батила гьаниб. Чиясе зарал гьечӏел, эбел-эмен разиял, магӏарул яхӏ- намус цӏунарал васазулги, Аллагь кӏочон толарел, адабалъул борхалъи борцине лъалел ясазулги дада вукӏинги буго. Гӏумруялъул магӏна Аллагьасул нухдаса борцине лъалев вукӏиналъ Гӏиса талихӏавлъун лъугьана.\n* * *\nЖакъа гӏодовги чӏун гӏодана дихъго,\nГӏадан гьечӏеб бакӏихъ ракӏ жаниб бекун,\nГӏакълу гьечӏолъиялъ гьабунщиналъухъ,\nГьабичӏого тараб гӏибадаталъухъ.\n* * *\nКьеги, Аллагь, нижее Дуца диналъе къуват,\nКъуръан-хӏадис хиралъун,\nхвезе рукӏин рекӏелъ чӏун.\nКьеги, Аллагь, нижее Дуца хӏалалаб боцӏи,\nХӏарамлъи гьоркьоб гьечӏеб,\nгьабулаго гӏетӏ балеб.\nГьеле гьеб хӏарамлъи сундулъго бегьуларев шагӏир вуго Гӏиса — рорхатал мугӏруздаса рецӏцӏарал иццал данделъун чвахулеб Авар гӏурул чвахигун цадахъ цо-цо салам кьезе ралъдахъеги щолев, шагьаралъул гьудулзабахъеги ваккулев, щвараб бакӏалда жиндирго берцинаб гӏамалалъул гӏажаибаб лъалкӏги тун нахъе инеги лъалев."}
{"slug": "9685-gialimzabi-allagasul-rakhimat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9685-gialimzabi-allagasul-rakhimat", "title": "Гӏалимзаби — Аллагьасул рахӏмат", "date": "2020-10-12 12:57:01", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏолеб гӏелалъ мисал босизе мустахӏикъал бусурбабазул кьеразулъ вуго ДРялъул муфтияталъул мугӏрузулаб территориалияб округалда бугеб маслихӏат гьабиялъул отделалъул нухмалъулев, Унсоколо районалъул имамзабазул советалъе щуго соналъ нухмалъи гьабурав Гъазимухӏамад Абакаров.\nЦерегӏанго къоязда гьес цӏунана исламиял гӏелмабазул докторлъиялъе диссертацияги.\nГьеб рохел гӏахьал гьабун, Унсоколо районалда тӏобитӏана мажлисги. Гьелда гӏахьаллъана Гъазимухӏамадил гӏага-божаралги, диниял церехъабиги, районалъул администрациялъул вакилзабиги. Ахӏана нашидал, бицана исламалъул гӏалимзабазул гӏумруялдаса лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ.\nТадбиралда гӏахьаллъарав ДРялъул муфтиясул заместитель Ахӏмад Кахаевас бицана Дагъистан кколин гӏалимзабазул ватӏанилан. «Гьаниб бан букӏана Европаялдацин гьечӏеб гӏадинаб ва динияб тарихалда кӏудияб лъалкӏ тараб исламияб университет. Гӏалимзаби руго нилъер жакъаги – гьеб ккола Тӏадегӏанав Аллагьасул рахӏмат», — ан абуна гьес.\nНижее рес щвана Гъазимухӏамад Абакаровасе цо чанго суал кьезеги.\n— Гъазимухӏамад, кинаб темаялда хъвараб дуца гӏелмияб хӏалтӏи? Цогидал гӏалимзабаз щиб тӏаса бищун букӏараб гӏалимчиясул цӏар цӏунизе?\n— Тӏадегӏанав Аллагьасе шукру, нижее рес щвана гӏелмияб хӏалтӏи цӏунизеги тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикъаллъун рахъинеги. Аллагьасул цӏобалдалъун ва Гьесул квербакъиялдалъун ккараб иш буго гьеб. Дида цадахъ диссертация цӏунана жеги лъабго чияс. Гьел руго камилаб лъайги бажариги бугел гӏалимзаби. Масала, Ахӏмад Гӏисаев ккола къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гӏелмуялда тӏадчӏарав чи. Гьес дарсал кьола Дагъистаналъул исламияб университеталда (ДИУ). Эсенбулат Яхӏияев вуго бищунго захӏматал суалазе жаваб кьун бажарулев гӏалимчи. Гьевги хӏалтӏулев вуго ДИУялдаги ДГИялдаги (Дагъистаналъул гуманитарияб институт). Рашид Гӏалимурадов – теологиялъул ва социалиябгун гуманитарияб кафедраялъул кӏудияв преподаватель.\nГьайгьай, киназулго диссертациязул букӏана исламияб диналда хурхараб тема. Ахӏмадица хъвана фикъгьиялъул, ай исламияб юриспруденциялда тӏасан. Гьесул диссертациялда бицунеб буго риба гьабиялъул хӏасилалда рукӏунел социалиялгун экономикиял масъалабазул хӏакъалъулъ. Эсенбулатица кӏвар кьолеб буго гӏараб мацӏалда рахъарал исламиял тӏахьазулъ рехсолел гӏакъидаялъул суалазде. Рашидица хъван буго Къуръаналъулъ бицен гьабулел правоялда хурхарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Дица гьабуна имам Бадрудин Мухӏамад аз-Заркашил “Бахру-ль-мухит’ фи усули-ль-фикх” абураб тӏехьалъул диниябгун тексталъулаб анализ.\n— Бокьилаан дурго хӏалтӏуе дагьаб гӏатӏидго баян кьуни…\n— Имам Бадрудин Мухӏамад аз- Заркаши вукӏана машгьурав тарихчи, гӏалимчи ва дагӏватчи. Гьес хъван руго гӏемерал тӏахьал. Ва «Бахру-ль-мухит» ккола гьесул машгьурал асаразул цояб. Гьеб тӏехь къачӏалеб букӏана дица – гьеб батана цӏакъ захӏматаб ишги. Мугь бищулеб кинигин ракӏаризе ккана баянал, щайгурелъул я Интернеталда, я цогидаб бакӏалда гьечӏо хӏажатал баянал. Аллагьасе рецц, гьеб масъала тӏубан бажарана.\nЦо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула, цогидалги хӏалтӏанин гьесул асаразда тӏад, дуца гьабураб тӏехьалъул батӏалъи щибин абун. Ракӏчӏун абила, гьедин мухӏканго шаргӏалде рекъон кколеб къагӏидаялда гьеб тӏехьалда тӏад хӏалтӏи гьабун букӏинчӏо жеги. Гӏицӏго кьочӏое росун рукӏана гьесул тӏехьалдаса цо- цо пикраби, цо-цо бутӏаби. Амма тӏолабго тӏехь цадахъго лъицаниги къачӏан букӏинчӏо.\n— Кигӏан заман бараб гьелда тӏад хӏалтӏулаго?\n— Гӏемер заман ана гьеб хӏадурулаго. Рекӏел хӏалхьи, парахалъи бикъулеб иш букӏун буго гьеб. Гьединаб хӏалтӏи тӏаде босараб мехалда хӏаталдаса араб жавабчилъи букӏине кколеблъиги бичӏчӏун, дица хӏаракат бахъана гъалатӏаздаса эркенаб, камилаб къагӏидаялда тӏехь хӏадуризе.\nДиссертациялъулаб советалъул данделъиялда видеобухьеналдалъун гӏахьаллъана къватӏисел ва нилъерго улкабаздаса гӏалимзаби. Гьез гӏемерал суалалги кьуна ва дир хӏалтӏуе лъикӏаб къиматги щвана.\n— Бигьаяб иш гуро гӏелмияб хӏалтӏи. Бищунго щиб захӏмалъараб?\n— Аслияб мурад букӏана гӏадамал къосунареб къагӏидаялда, киназдаго бичӏчӏуледухъ, ай бигьаяб мацӏалда хӏалтӏи къачӏай. Гьеб букӏана бищунго захӏматабги. Дие машгьурлъи къваригӏун букӏинчӏо. Хӏажат букӏана дир хӏалтӏул кумекалдалъун инсан битӏараб нухде ккезавизе. Щайгурелъул Аллагьас нилъеда тӏадаблъун гьабун буго, вижараб къоялдаса даимаб рокъове инегӏан лъай тӏалаб гьаби.\n— Дур гӏелмияв нухмалъулев щив вукӏарав?\n— ДИУялда хӏалтӏулев вуго исламиял гӏелмабазул доктор, Кьохъа Мухӏамад Сайгидов. Гьес диссертация цӏунана Каиралда ва дарсал кьолел руго исламиял институтазда. Гьес дие гьабуна кӏудияб кумек ва дица гьесие ракӏ-ракӏалъ баркала кьола.\nБаркала кьола дица диссертациялда тӏад хӏалтӏулаго дие квербакъарав щивав чиясеги – хъизамалъе, районалъул нухмалъиялъе, гьудул-гьалмагълъиялъе. Дие гьабураб кумекалъухъ Тӏадегӏанас гьезиеги лъикӏабщинаб насиб гьабеги.\n— Маслихӏат гьабиялъул отделалъул аслияб хӏалтӏи щиб?\n— Цоцалъ барщарал, цоцаздаса ракӏ хварал гӏадамазда гьоркьоб рекъел гьаби. Гьелъие хӏалтӏизабула хӏеренаб, ракӏ батизабулеб, инсан маслихӏаталде кантӏизавулеб рагӏи.\nЩуго соналъ дун вукӏана Унсоколо районалъул имамлъун. Гьеб заманалдаги маслихӏаталъул иш тӏубалаан. Аллагьасул кумекалдалъун, гӏемерав чияс тӏаса бищана битӏараб нух.\nДир пикруялда рекъон, ахираб заманалда нижехъа бажарана районалъул хӏакъалъулъ букӏараб пикру лъикӏаб рахъалде сверизабун. Гьеб рахъалъ гӏезегӏан хӏалтӏи гьабуна районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасги районцоязги."}
{"slug": "9686-giumruyal-ul-bol-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9686-giumruyal-ul-bol-abi", "title": "Гӏумруялъул болъаби", "date": "2020-10-12 13:26:26", "categories": ["pismo"], "text": "Казбек районалъул Дилим росулъа жамгӏияв хӏаракатчи, рагъул ветераназул советалъул член Мухӏамадрасул Мадаев лъаларев чи Салатавиялдаго ватиларо. Гӏемерал шапакъатазе мустахӏикълъарав гьесулгун букӏараб гара-чӏвариялда гьадин бицана гьес:\n— 1941 соналъул 30 декабралда Кӏудияб Ватӏанияб рагъде эмен унеб къоялъ, дун вукӏана щуго сон барав вас. Гьеб къоялъ дир инсуца, кодовеги вачун, каранде къана дун. Щибго бичӏчӏулареб лъимер букӏиндал, дун хаган валагьун хутӏана гьесул кӏудияб тӏогърохъ. Кӏудияб хъизамалъул тӏалаб-агъаз бугев чи вукӏана мунагьал чурад. Гьединавлъун хутӏана гьев дир рекӏелъги.\nИнсул кагъат бачӏана Грузиялъул Гори шагьаралдаса. Гьенир рагъуе ругьун гьарулел рукӏун руго Дагъистаналдаса фронталде ритӏизе ругел гӏолохъаби. Гьесул полкалда Дилималдаса гӏезегӏан чиги вукӏун вуго. Инвалидлъун лъугьун росулъе вуссарав инсул вацгӏалас бицана пашманаб хабар. Цо рагъулъ цадахъго чӏван вуго Дилималдаса ичӏгояв. Гьезда гьоркьов вукӏун вуго дир эменги.\nГьедин бесдаллъана Мухӏамадрасул, вацал Гӏали, Мухӏамадзагьид, яцал Зулайхат ва Умузагьидат. Щуго лъимадул тӏалаб-агъаз тӏаде ккедал, колхозалда хӏалтӏана къороллъуда хутӏарай Мадаевасул лъади Шамалай. Цӏикӏкӏарав вас Гӏалил букӏана 17 сон, гьесги хадусезги кӏвараб кумек гьабулаан эбелалъе.\n1954 соналда школа лъугӏидал, Мухӏамадрасул цӏализе лъугьана Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталъул зоотехникияб факультеталде. Гьеб лъугӏидал хӏалтӏизе лъугьана райисполкомалъул росдал магӏишаталъул управлениялде кӏудияв зоотехниклъун, хадусел соназда нухмалъи гьабуна «Дилим» совхозалъе.\nН. Хрущёвасул заманалда, Сталинил цӏаралда бугеб колхозалъул кьучӏалда гӏуцӏана хӏалбихьиялъулабгун мисалияб магӏишат. Мадаев витӏана гьениве, бетӏерав зоотехниклъун хӏалтӏизе. Хадурги рукӏана хиса-басиял. Хасго ахирал соназда районалда ккарал гьезул хӏакъалъулъги бицана захӏматалъул ветеранас.\n— Дагьаб цебе лъана ахираб щуго соналда жаниб районалъул гӏадамазул доход 75 проценталъ цӏикӏкӏун букӏин. Ленинаулалда рагьана участкаялъулаб больница, Алмахъалда — фельдшерлъиялъулабгун акушерлъиялъул пункт, Буртунаялда — школалъе мина баялъул хӏалтӏи рагӏалде бахъунеб буго.\nРамазан Гӏабдулатӏипов бетӏерлъун вугеб заманалда гъоркь рукӏаразде тӏаде гӏезабуна 15 гектаралда ах. Районалда рагьана пластикалъул гордал ва нуцӏби хӏадур гьарулеб цех, бетон гьабулеб гьитӏинабго завод, гӏанкӏудал гьан хӏадур гьабулеб фабрика. Баркала буго районалъул нухмалъуда рукӏаразе, гьезул нухмалъиялда гъоркь цебетӏуна халкъалъул гӏумру.\nМухӏамадрасулил лъади Убайгьанатил эмен Мухӏамад Абуязидов фронталде ана 1941 соналъул 23 июналда. Вагъана Киевалъул, Харьковалъул, Смоленскиялъул рахъалда. Сталинградалъе гӏоло рагъулъ лъабцӏул лъукъун вукӏиналда бан, рокъове виччан вачӏана. Гьев мустахӏикълъана лъабабилеб даражаялъул Реццалъул ва тӏоцебесеб даражаялъул Кӏудияб Ватӏанияб рагъул орденазе, «Кавказ цӏуниялъе гӏоло», Сталинградалъе гӏоло, Георгий Жуковасул ва «Кӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда бахӏарчияб захӏматалъе гӏоло» медалазе.\n— Росасда цадахъ гӏумру гьабулеб буго 1958 соналдаса нахъе, — ян бицана гьелъ. – Лъикӏаб тарбия кьун гӏезабуна щуго лъимер. Гьезул киназулго буго тӏадегӏанаб лъайги.\nКигӏанго рекӏее къабуллъулареб букӏаниги, къисматалъ жиндирго къуват бихьизабула инсанасул гӏумруялъулъ. Студентлъиялъул бищунго аваданаб гӏумруялда вугев цохӏо вукӏарав вас нагагьаб балагьалдалъун гӏолохъанго хвеялъул бухӏи кӏиязулго каранда кинго секьулеб гьечӏо, гьелдаса гӏезегӏан заман аниги.\nГьединаб бакӏаб къварилъиялъул къорикье кканиги, рукъ цӏурал лъималазул тӏалаб тӏаде беганиги, тӏатӏала квералги лъун чӏезе ругьунлъарай гӏадан гуро Убайгьанат. Пенсиялде инегӏан хӏалтӏана районалъул ветеринарияб станциялда санитаркалъун."}
{"slug": "9737-allagas-bortsina-lag-as-tarab-l-alki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9737-allagas-bortsina-lag-as-tarab-l-alki", "title": "Аллагьас борцина лагъас тараб лъалкӏ", "date": "2020-10-19 08:16:53", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "…Лъала шагьаралда дий къадар щвани,\nМашинаялъ ина дунги росулъе;\nАмма росулъа чи къаникь лъолелъул,\nКъварилъичӏев дова хутӏиларо чи.\n…Рекӏел гъварилъуда бегараб рухӏел,\nБухӏараб магӏица гьурщула къватӏиб.\nАнищлъун хутӏараб тӏокӏкӏараб рокьи,\nЗоноде бикьидал, бигьуна ургъел…"}
{"slug": "9738-tsiuntiaderil-deputataz-ganchial-rechichiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9738-tsiuntiaderil-deputataz-ganchial-rechichiana", "title": "Цӏунтӏадерил депутатаз ганчӏал речӏчӏана", "date": "2020-10-19 10:13:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 октябралда Цӏунтӏа районалъул администрациялъул минаялда ганчӏал речӏчӏана бакӏалъулал гӏадамазул цо къокъаялъ. Гьелдалъун жагъаллъи ккана гьенир цере чӏезарун рукӏарал администрациялъулги районалъул бетӏер Шамил Мухӏамадовасулги машинабазе.\nЦӏунтӏа райадминистрациялдаса «Хӏакъикъаталъухъе» щварал баяназда рекъон, гьеб заманалда районалъул депутатаз бакӏалъул собраниялъул нухмалъиялде Исрапил Гӏабдулаев вищулев вукӏана.\nГьелде щвелалде Гӏабдулаев вукӏана районалъул бетӏерасул заместительлъун.\n— Районалъул 23 депутатасда гьоркьоса 13 чи гӏахьаллъана сессиялда. Анцӏгоял рачӏинчӏо. Жал гьечӏони, кворумги гӏечӏого, сессия тӏобитӏиларин ккун букӏараб къагӏидаха гьезда. Гьединлъидал лъугьана гьел, администрациялде ганчӏалги речӏчӏун, сессия гьоркьоб къотӏизабизе, — ян бицана газеталъе районалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Адам Гӏалиевас.\nГъалмагъир гьабурал депутатазул анкьгояв ккун вугинги тӏаде жубана гьес.\nАдминистрациялде гӏагарав цогиги чияс «Хӏакъикъаталъе» баян гьабуна гьезие тӏалъи жидехъе щвезе бокьун бугилан. Гьединлъидал тӏоцебесеб нух гурила гьез гьединал хӏаял гьарулел ругелдаса.\nЦӏунтӏа гьеб лъугьа-бахъин ккун нахъисеб къоялъ, жиндирго разилъи гьечӏолъи загьир гьабун, Махӏачхъалаялъул аслияб майданалде вахъун вукӏана Шаури росулъа депутат Мухӏамад Сагӏидов. Гьесул рагӏабазда рекъон, районалъул собраниялъул бетӏерлъун Исрапил Гӏабдулаев вищулеб данделъиялде риччан гьечӏо. Гьединлъидал Сагӏидовасе бокьун буго гьеб хӏужаялде республикаялъул тӏалъиялъул кӏвар буссинабизе.\nМайданалде вачӏун заман иналде гара-чӏвариялъе гьев жиндирго кабинеталде ахӏана ДРялъул бетӏерасул Мугӏрузулаб округалда вугев вакиласул ишал тӏуралев Мухӏамад Камиловас."}
{"slug": "9739-tsiiyab-portgi-chchugiil-konservazul-zavodgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9739-tsiiyab-portgi-chchugiil-konservazul-zavodgi", "title": "Цӏияб портги ччугӏил консервазул заводги", "date": "2020-10-19 10:18:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда байбихьана инвестициялъулаб проект гӏумруялде бахъинабиялъул хӏалтӏи. 12 гама чӏезе санагӏатаб портги, 40 миллион консервазул банка къватӏибе биччалеб заводги базе буго кватӏичӏого.\n«Каспиялъул маяк» абураб предприятие рагьана республикаялда инвестораз, Каспийскиялъул килькаялъул бачӏин цӏикӏкӏинабиялъул мурадгун. Ччугӏил бачӏин цӏикӏкӏинабизе ккани, хӏажалъана тӏадеги цоги портги базе.\n«12 гама чӏолеб порталда рукӏине руго гуми къачӏалел бакӏал, ккураб ччугӏил 30 млн тоннаялъул тадбир гьабулеб бакӏги, гьединго, лъагӏалие 40 млн банка хӏадур гьабулеб консервазул заводги базе буго гьениб аскӏобго», — ян бицана хӏукуматалъул нухмалъулесул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, цӏияб заводалда букӏине буго 450 чиясе хӏалтӏизе бакӏги. Гьеб проекталъул багьаги буго 1 млрд. гъурущ.\nАслиял хӏалтӏулал бакӏал рукӏине руго Избербаш шагьаралда. Исана июлалда тӏабигӏиял сурсатазул рахъалъ министр Набиюла Гъарачаевас абун букӏана республикаялда кколеб ччугӏил къадар лъабго соналдаса 50 000 тоннаялде бахинабизе бугин. Гьедигӏанасеб къадаралда ччугӏа кколеб букӏана республикаялда СССРалъул заманалда."}
{"slug": "9740-kamuna-millatal-e-shagiir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9740-kamuna-millatal-e-shagiir", "title": "Камуна миллаталъе шагӏир", "date": "2020-10-19 10:22:06", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа Къурбангӏалил хъизамалда гьавурав Мухӏамад Патахӏов гьитӏинго машгъуллъана кучӏдул хъваялде. Школалда цӏалулел соназдаго гьесул асарал рахъана «Росдал\nзахӏматчи», «Багӏараб байрахъ» («Хӏакъикъат») газетазда, «Гьудуллъи», «Магӏарулай» журналазда. Гьединлъидал Гӏарани росдал школаги республикаялъул культураялъул училищеги лъугӏарав гӏолиласе,\nДагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул квербакъиялдалъун рес щвана Москваялъул М. Горькил цӏаралда бугеб Литературияб институталда цӏализе лъугьине.\n1986 соналдаса байбихьун Мухӏамадица къватӏире риччана «Тӏогьол гьими», «Горсвери», «Щубил гарал», «Сабру», «Рагӏи лъугӏаралъуб магӏу баккила», «Гӏакълуялъул дандерижи» абурал тӏахьал.\nМухӏамад вукӏана сабурав, адаб бугев, цӏакъ намусав чи. Амма кучӏдул цӏалулелъул, бихьула сверухъ лъугьа-бахъунелъ гьесул рахӏат хвезабулеб букӏин, битӏаралда битӏарабин, тӏекъалда тӏекъабин абизе гьесулъ кидаго тавакал ва бахӏарчилъи букӏин. Гьедин, Мухӏамадица мустахӏикъаб рагӏи абуна нилъер республикаялде «цӏиял низамал» гӏуцӏизе, нилъер халкъалда «хьвада-чӏвадизе», «дин гьабизе кколеб куц» малъизеян къватӏисел улкабаздаса рачӏаразда.\nМухӏамад вукӏана жиндирго халкъалъул сониселъги, жакъаселъги, метериселъги рахӏат хвезабурав чи. «Чадил кесекалъухъ кьезе шагьаби, Шагьаралда гурел насиблъичӏев дун», — илан абулеб буго гьес жиндаго.\nГӏумруялъул цӏикӏкӏарасеб заман шагьаралда аниги, поэтасул рекӏел хьулал, анищал рухьарал руго магӏарухълъиялда, доба бихьула гьесда гӏадамазда гьоркьоб рекӏел хинлъиги, инсанасе тӏабигӏияллъун кколел гурхӏел-рахӏмуялъул асаралги, даран-базаралъ ригъизаричӏел гьоркьорлъабиги. Гьединлъидал гӏагараб росдадаса рикӏкӏад вукӏине ккей гьесие букӏана кидагосеб тамихӏлъун, сахлъулареб ругъунлъун.\nАмма Мухӏамад вукӏинчӏо ххвалиего магӏарухълъиги беццун, щиб хӏилла ургъунги магӏишат данде гьабиялде машгъуллъун ва гьеб мурадалда шагьаралда чӏарав чи – тӏолабго гӏумру гьес кьуна рахьдал мацӏалда хъвадариялъе, гьеб цебетӏезабиялъе, цӏиял сипатаздалъун, рагӏабазул магӏна гъварид гьабиялдалъун рахьдал мацӏ бечед гьабиялъе. Гьесул ракӏ унтизабун букӏана ургъел гьечӏолъиялъулги, умумузул къадруял гӏадатал басра гьариялъулги «унти» магӏарухълъиялдеги бахунеб букӏиналъ.\nМухӏамадил шигӏрияб ирс къадаралъул рахъалъ гӏемер цӏикӏкӏараб гьечӏо, амма гьеб буго пикрабазул гъварилъиялъулги сипатазул хаслъиялъулги рахъалъ унго-унгояб хазиналъун. Критикаялъ кӏвар буссинабуна Мухӏамадил творчествоялъул цо-цо кӏвар бугел рахъазде, амма гьесул пагьмуги гьунарги мустахӏикъаб буго щвалде щвараб, гъваридаб гӏелмияб цӏех-рех гьабиялъе.\nМухӏамад вукӏана махщел камилав журналист гуревги, унго-унгояв гӏуцӏарухъанги. Гьев вукӏана «Хӏакъикъат» газеталъ гьебго цӏаралда гъоркь биччалеб букӏараб журналалъул редакторлъунги. Къокъаб заманалда жаниб журнал лъугьана киназего къабулаб, гъираялда цӏалулеб ва жиндир хӏакъалъулъ гӏадамаз бицен гьабулеб басмалъун. Гьеб бичӏчӏулеб жоги буго: журналалда рахъана магӏарулазул тарихалъул, маданиятаялъул, рукӏа-рахъиналъул, машгьурал гӏадамазул хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ жеги бер щвечӏого хутӏарал суалазда тӏасан макъалаби, документал, фотоматериалал.\nБичӏчӏулеб жо, гьединаб хӏалтӏи цохӏо чиясухъа гьабун бажаруларо, гьеб буго редакциялъул тӏолабго коллективалъул хӏалтӏул хӏасил.\nАмма гьебго заманалда абичӏого гӏоларо, гьениб гӏемераб жо бараб букӏана живго Мухӏамадида, гьесул бажариялда, гӏамал-хасияталда. Щайгурелъул магӏарулазул тарихги маданиятги, адабиятгун искусствоги гъваридго лъай гуребги, гьев вукӏана кинавго чиясулгун хӏал рекъезабизе лъалев, гьабулеб ишалъе мухӏканав ва дурусав чи, гьесул вукӏинчӏо цониги тушманлъи бугев яги рагӏи данде кколарев чи.\nГьединабго тавакал ва бажари бихьизабуна Мухӏамадица «Гьудуллъи» журналалъул коллективалъе бетӏерлъи гьабулагоги. Журналалда рахъана миллаталъул тарихалъул, рукӏа-рахъиналъул, гӏадат-гӏамалалъул хӏакъалъулъ хъварал магӏна бугел макъалаби. Дагь-дагьккун «Гьудуллъи» лъугьана кьер бугел, лъикӏал суратаздалъун къачӏараб, кодоб кквезе бокьилеб басмалъун. Мухӏамад вачӏаралдаса хасаб кӏвар кьуна жамгӏиябгун политикияб гӏумруялда хурхун рахъарал макъалабазде.\nЩибаб журналалда рахъана мунагьал чураяс махщалида хъварал макъалаби.\nМухӏамадица цебе бачана гӏолохъанал авторал тӏатинариялде ва гьезул асарал журналалда рахъиялъе гьабулеб хӏаракат, цӏикӏкӏана магӏарулазул тарихалъул ва культураялъулгун искусствоялъул жидеде кӏвар буссинабичӏого хутӏарал хӏаракатчагӏазул, росабазул тарихалъул бицунел макъалаби.\nЖурналалъул тематика гӏатӏилъиялъе нугӏлъи гьабула гьелда махсаро-хочӏалъул, цӏалдолел релъизарулел макъалаби рахъиялъги.\nАхирал соназдайин абуни журналалда рахъана магӏарул маданиятаялъул тарихалда хурхарал макъалаби, хасал хъвадарухъабазул асаразе лъикӏаланго щвалде щвараб къимат кьурал, чӏванкъотӏарал хӏужабазул кьучӏалда хъвадарухъабазе ва шагӏирзабазе къимат кьурал очеркал, тӏахьазе ва асаразе кьучӏаб къимат кьурал рецензиял.\nМухӏамад вукӏана ракӏ лъикӏав, чиясе кумекалъе вачӏине кидаго хӏадурав инсан.\nМагӏарулазул аби буго чиясе къимат кьезе ккани, гьевгун цадахъ сапаралъ вахъине кколин. Мухӏамадгун цадахъ нижеца гӏемерал сапарал рухьана Дагъистаналъул батӏи-батӏиял росабалъе. Хасаб асар гьесие гьабулаан магӏарул росабалъе щвараб мехалъ. Мухӏамадие цӏакъ хирияб букӏана нилъер миллат. Гьев живгоги вукӏана миллаталъул чӏухӏилъун.\nМухӏамад Патахӏов вукӏана дир бищун божарал гьудулзабазул цояв. Гьевгун цадахъ тӏамурал къоял чӏаго вугевгӏан мехалъ хирияб хазина гӏадин рекӏелъ цӏунила дица. Ниж гӏемер щолаан цоцахъе, рохелги пашманлъиги гӏахьал гьабулаан. Нижеца цоцае рикьулаан ургъелал, къасдал, пикраби.\nНилъер миллаталъе камуна гьунар бугев шагӏир, лъикӏав инсан, унго-унгояв яхӏ-намус бугев магӏарулав.\nАлжан насибаб батаги дуе, Мухӏамад!"}
{"slug": "9742-zanazda-tsialize-tsiaral-guroni-tsiar-akhiize-gechiekh-untula-keren", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9742-zanazda-tsialize-tsiaral-guroni-tsiar-akhiize-gechiekh-untula-keren", "title": "Заназда цӏализе цӏарал гурони, Цӏар ахӏизе гьечӏехъ унтула керен", "date": "2020-10-19 10:41:20", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "— Гӏумру, лахӏзаталъ лъалхъе!\n— Дир заман гьечӏо. Киназулго гьари тӏубазе кӏоларо.\n— Щай?\n— Дуда рагӏичӏебищ гьаб хабар?\n— Кинаб?\n— Цоги лъикӏав инсанас тана дуниял. Камуна гьесул гьимиги, сабруги, гӏакълуги сверухъ ругезе. Диеги бокьун буго гьесухъ угьдизе. Те дун цодагьалъги дирго пикрабазда. Бокьун буго цоги, ахирисеб нухалда гьесул хӏакъалъулъ гӏадамазе бицине.\nДиргун къо-лъикӏги гьабун, ахирисеб сапаралде ана пагьму-гьунар бугев шагӏир Мухӏамад Патахӏов. Гьев лъикӏ лъалаан магӏарулазда гуревги. Аскӏор хӏалтӏулезда гьоркьоб гьесул букӏараб къадруялъеги захӏмалъун буго гьев ками. Гьебги гӏодилеб буго дидаго цадахъ. Кидаялиго адабияталъул дунялалда гьелчелеб букӏараб гьесул гӏагараб Хунзахъ районги пашманго буго. Гьелъул адабияталъул гъотӏол цоги гӏаркьел бекана, додигӏан, магӏарул адабиятилан цӏар бугеб шагӏирзаби-хъвадарухъабаздалъун бечедаб улка бесдаллъулеб буго дагь-дагьккун.\nМухӏамадица ахӏулеб бугин кколеб буго:\n— Гуро, киданиги къине гьечӏо магӏарухъ адабияталъул ицц. Шагӏирзаби-хъвадарухъаби холаро, гӏицӏго рухӏ уна гьезул, гьаб дунялги тун. Гьезул гьаракьалъе къин гьечӏо. Абадияб дунялалде шагӏирасдаго цадахъ унаро гьесул къалмикьа арал асарал. Гьес гьел ракьалдаго тола, гьале живги жиндир гьаракьиланги абун. Гьаниве щолаго, дидаги рагӏулеб буго дирго ракьцоял шагӏирзабазул шигӏрабазул ахӏи. Нужеда лъалебаниха, гӏагараб росдал ракьул чохьониб дида щолеб бугеб лъикӏаб макьу. Бугониги, гӏащикълъун вуго гьениб, ракьалда букӏаралъухъ. Цоги нухалда рикӏкӏинищ нужее дирго кечӏ. Лъала нужги, ракьалда тарал, дихъги урхъун ратулеллъи. Гьале гьадинаб букӏана дир гӏумру гьабулеб къагӏида. Гьелъие къимат ракьалда тараз кьезе батила:\n— Ракьалъ реэдаралъ жахӏда бижичӏо,\nБичас тӏокӏ гьарурахъ урхъи гӏорцӏичӏо,\nРухӏдаллъи гурони, хӏалхъублъи лъачӏо —\nЛъаларо, лъаларо, лъикӏищ гьеб, квешищ?\nРокьи дида лъана, ракӏалъ малъараб,\nРикъзи дие гӏуна, дида батараб,\nНасиб алжанлъана, Аллагьас кьураб —\nЛъаларо, лъаларо, лъикӏищ гьеб, квешищ?\nГьалеха гьадин, дунялалда гьабуралда щибниги ракӏ бухӏизе жо батичӏо Мухӏамадида. Гӏумруялъул гьединаб ахиралда бокьарав чи рухӏдаллъизе бегьула унго-унголъунги.\nАскӏор хӏалтӏулел рукӏанщиназе хирияв, гьезул рекӏелгъеялъе гӏоло махсара гӏемерав, тӏекълъиялда рекъоларев, унтиледухъ лъиданиги рагӏи абичӏев, дунялалъул магӏишаталда хадув хапдечӏев, цӏар-рецц къваригӏинчӏев, щваралда гӏейги гьабун, сабуралда вукӏарав, бищунго лъикӏал гӏадамазул цояв, къисматалъ кьуралда разияв, гьебгун къацандизе ракӏалдецин ккечӏев – гьеле гьединав вукӏана Патахӏов. Гьедин гурищха нилъеца гьесда абулеб букӏараб.\n— Сихӏкъотӏун гӏенеккун йиго дун, гӏумруялъулъ бицунеб бугеб гьуинаб къисаялъухъ. Щай гьеб гьуинлъараб? Щайгурелъул гьелъулъ бессун букӏана шагӏирасул бацӏцӏадаб, роцӏараб гӏумру. Жакъа досул гӏумруялъ рачунел пашманал сариназул гъасда кӏусарай дихъе цӏидасанги гьоболлъухъ рачӏунел руго шагӏирасул шигӏраби. Ракьалда бугеб тӏекълъи хӏехьезе кӏвечӏев гьев лъутулев вуго лъимерлъиялъул улкаялде, рацӏцӏалъиялде ва роцӏеналде:\n— Дунго дидасаго тӏурулев вуго,\nТӏад вуссун нахъеги лъимерлъиялде,\nРалъдал цӏамхӏалаб лъим къватӏибе пунхъун,\nЦӏорораб иццалда урхъун хӏохьбазе…\nШагӏирасул ахирисеб сапаралъ чӏей гьабуна гӏагараб Сивухъ росдал рагӏалда. Гьеб сапаралъул ахирги жиб гӏадаб берцинаб бугилан щурулеб буго гьесул гӏумруялъ.\nХвалил рагӏдукье ккечӏо шагӏирасул гӏумру. Гьесул гӏумруялъул бакъул чӏораз къалъизабуна ахирисеб сапаралде нух."}
{"slug": "9743-tsiuldasa-giumaraskhiabil-chechenalda-arab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9743-tsiuldasa-giumaraskhiabil-chechenalda-arab-giumru", "title": "Цӏулдаса Гӏумарасхӏабил Чеченалда араб гӏумру", "date": "2020-10-19 10:46:38", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дие рокьуларо гӏадамал реццарал макъалаби хъвазе. Амма гьанже хъвачӏого гӏолеб гьечӏо. Гьеб реццги гуро, амма гьаниб дица рехсолел чагӏи реццалъе мустахӏикъал руго. Гьезулгун лъай-хъвай ккараб къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ мадугьалихъ рукӏаниги, дида гьезулъ цониги тохлъи бихьичӏо. Гьединлъидал мех-мехалда ракӏалде ккола Цӏулдаса Гӏумарасхӏабги Сугъралъа Аминатги дирго кьолбол чагӏилъун ратун рукӏараланищан.\nГӏумарасхӏаб Мухӏамадовас 35 соналъ директорлъи гьабуна Каспи ралъдалъ бугеб Чечень чӏинкӏиллъиялъул школалъе. Хъизан Аминатги гьенийго ингилис мацӏ, география предметал кьолей йикӏана.\n2019 соналъул марталда Гӏумарасхӏаб Аллагьасул къадаралде щвана. Гьеб ишги ккана школалда. Щибго гьечӏого вукӏарав чи лъавудаса ана ва вертолёталда Махӏачхъалаялде хъамуна. Амма тохтурзабазда кӏвечӏо Аллагьасул къадаралда данде чӏезе.\n5 октябралда кӏодо гьабураб учителасул къоялъ Аминатица гьадин ракӏалде щвезавуна Гӏумарасхӏабги, гьевгун цадахъ чӏинкӏиллъиялда тӏамурал соналги, гьесул эбел-эменги. Сагӏадул Гӏабдулагьил Аминатин абула сугъулдерица гьелда.\nСубхӏанатги Амирхӏамзаги\nГӏумарасхӏаб гьавуна цоцазул адаб бугеб, гьитӏинго захӏматалде куцараб хъизамалда. Битӏараб нухдасан гурони ине бегьунгутӏиялъул кьучӏ лъун букӏана эбел-эмен Субхӏанатицаги Амирхӏамзацаги гьесулъ.\nКутакалда рацӏцӏадал чагӏи рукӏана гьел, мунагьал чурадал. Дир Аминатилан рукӏунаан дидаги. Бецӏизе цониги как яги кӏал хутӏун букӏинчӏо гьел кӏиязулго.\nИчӏго лъимер букӏана Субхӏанатилги Амирхӏамзалги – анлъго ясги лъабго васги. Гӏумарасхӏаб кколаан кӏиабилев.\nЧӏинкӏиллъиялда\nДГПИялъул химиялъулгун биологиялъул факультет лъугӏун хадуб лъабго соналъ Кьорошив учительлъун хӏалтӏана Гӏумарасхӏаб. 1983 соналда лъугӏана гьебго институталда дир цӏалиги.\nАмма магӏарухъе тӏад руссинчӏого, шагьаралдаго чӏезе ракӏалде ккана. Битӏун гьеб мехалда Чечень чӏинкӏиллъиялда ункъо учитель къваригӏун вукӏана – къватӏисел пачалихъазул мацӏазул, географиялъул, химиялъулгун биологиялъул. Лъабго соналъ гьенир хӏалтӏани, Махӏачхъалаялда рукъ кьелинги абулеб букӏана нижеда. Гьединлъидал гьенире ине ракӏалде ккана.\nКаспи ралъдаца сверун ккураб, салул цӏураб, цӏулал гьитӏинал минаби ругеб росу батана гьеб. Кьолболъанго гьенир гӏумру гьабулел рукӏарал чагӏи ккола гӏурусал. Батӏиял миллатазул ункъо-щуго хъизан гурони букӏинчӏо гьениб доб мехалда.\nЧӏухӏараб клубги букӏана, гьанже биххун тӏатӏала ккун бугин гьеб. 1860 соналда ингилисаз бараб маякги буго. Жакъа къоялъги хӏалтӏулеб буго гьеб.\nГьениб букӏана аэродромги, больницаги, библиотекаги, почги, сельсоветги, тукенги, метеостанцияги, колхозги, лъималазул ахги. Хутӏана гӏицӏго школа.\nКГБялъ изну кьурав гурони, бокьа-бокьарав чиги гьениве виччалароан. Гьелъие гӏилла букӏана Каспи ралъдалъ хӏалбихьиял гьарулеб полигон букӏин. Масала, цо кӏудияб гидросамолёт букӏана гьениб, «Каспиялъул монстр» абун америкаялъулаз цӏар кьураб.\nЧеченалдаса гӏурусал\nДиеги Гӏумарасхӏабиеги кутакалда асар гьабуна чӏинкӏиллъиялъул гӏадамаз. Ралъдалъ жанир, цогидал росабаздасагун шагьараздаса рикӏкӏад гӏумру гьабулел рукӏиналъ, гьезул рукӏа-рахъинги XVII-ХӀX гӏасруялъул гӏурусазулалда релълъараб букӏана. Масала, киналго руччаби рукӏунаан кӏазалги чӏван. Доб мехалда ботӏрода кӏазал къалел руччаби (ясал) гьедигӏан гӏемер рукӏунароан Махӏачхъалаялдаги цогидал бакӏаздаги.\nЦӏакъ жидерго диналда божулел чагӏиги ратана гьел. Светиял байрамазул ургъел букӏунароан гьезие, диниял байрамазулгӏан. Гьез мугъчӏвай гьабулаан насраниязул календаралде. Масала, Илья абурав аварагасул къоялъ кинаб гьава-бакъ букӏун батаниги, гьелда бараб букӏунин лъагӏалил гьава-бакъилан рикӏкӏуна гьез. Гьединго гьеб къоялъ гьаризе бегьулелги бегьуларелги жалги рукӏуна гьезул.\nКутакалда бихьиназул къимат гьабулел чагӏиги руго гьел. Хъизаналда аслияв чилъун бихьинчи вукӏуна. Сам абун рукӏуна гьел. Дихъе рачӏарал руччабаз Гӏумарасхӏаб рокъов вугищан гьикъизе «Сам (хозяин) дома?» абун цӏехолаан.\nБихьинчи рокъов гьечӏони, чӏужугӏадан киданиги киениги (байрамазде, гьоболлъухъ яги цогидаб къваригӏелалъ) унароан. Цо нухалъ мадугьалзабазул вас армиялде унеб бакӏалде ячӏарай дихъ чӏваркьун балагьун чӏана гьел руччаби. Гьезие ккараб бичӏчӏуларого дунги йикӏана. Гӏумарасхӏаб шагьаралде ун вукӏана гьеб мехалда.\nЧӏинкӏиллъиялъул гӏадамаз кутакалда лъикӏ къабул гьаруна ниж. Масала, мадугьалалъ анкьабго соналда жаниб щибаб къойил бежун кьолаан чед. Гӏурусазул печь хӏалтӏизабизе лъалеб букӏинчӏо дида. Школалдаса гьелде регӏулароан. Дица ролъул хъап щвезабун толаан гьелъухъе.\nГьединго нижер боцӏи-панзги мадугьалзабаз тӏубалаан. Чӏинкӏиллъиялда гӏадамал цӏакъ цудунго рахъуна тӏаде. Рогьалилъго рукъ-бакӏги бакӏарун, хадур боцӏи-панзалде руссуна. Нилъер (бусурбабазул) байрамазулги цӏакъ адаб гьабула гьез. Масала, жидерго байрамкъояз яги хириял къояз хӏалтӏичӏого, хӏухьбахъизе чӏола гьел. Нилъер байрамкъоязги хӏалтӏудаса гӏодорчӏола (Тӏадегӏанав Цо вугиланги абун). Хасго Кӏалбиччанкъоялъ асар гьабулаан гьезие. Гьеб баркизе, къачӏа-кӏатӏан, радалго нижехъе рачӏунаан.\nЛъагӏалицаги хӏалтӏун нахъе инилан рукӏарал ниж, гьардон, гьенирго чӏезаруна гӏадамаз. Гьединго лъагӏалидасан Гӏумарасхӏабие гьениб директорасул хъулухъги кьуна. Нижги разилъана.\nГьеб мехалда Гӏумарасхӏабица кьучӏдасанго хисизабуна школа: ремонт гьабуна, къайи-цӏа хисана. Школалда цебехун бугеб бакӏалде, ракьги баччун, пастӏан гьабуна. Цинги цӏалдохъабигун цадахъ картошка чӏана. Нужеца гьениб бекьараб жо щибилан гьикъизе гӏурус-кӏодабиги рачӏунаан. Гьелде щвезегӏан картошка кин бижулебали бихьун букӏун гьечӏо гьезда.\nСоветияб заманалда Чеченалда букӏун буго хӏатталдаса ун бечедаб колхоз — ччугӏа ккун, гьелъул хӏалтӏи гьабулеб.\nГӏумарасхӏаб\nТӏаде балагьун росдал школалъул учитель цо кӏудияб кӏварго гьечӏев чийин ккезе рес буго. Амма гьединаб бакӏалда учительги директорги тӏалъиялъул вакиллъунги вихьула гӏемерисезда. Гьединлъидал кинаб къваригӏел кканиги, гьезухъе рекерула. Цо заманалда херал чагӏаз уколал гьаризецин ахӏулаан Гӏумарасхӏаб, гьесул квер тӏадагьаб бугиланги абун.\nЧеченалъул цӏалдохъабазул хӏисаб гьабун абуни, нижехъа бажарана Сорбоннаялъулги Пекиналъулги университетазде рорчӏизегӏанасеб лъай гьезие кьезе. Лъималги дагьал рукӏун (5-7 цӏалдохъан), учителасул ирга щолаан щибаб лъимералде (цо заманалда бищун цӏикӏкӏун 11 лъимер букӏана классалда).\nЖидеда дарс бичӏчӏичӏилан гьез абиларедухъ Гӏумарасхӏабица къойилго учительзабазул дежурствоги чӏезабун букӏана. Рокъоре риччан хадур бакъанида цӏидасан рачӏунаан лъимал дарсал гьаризе школалде.\nГьезул эбел-инсулги цӏакъ лъикӏаб бербалагьи букӏунаан школалдехун. Гьенире жанире хьиталги рахъун гурони рачӏунароан гьел.\nГӏумарасхӏаб вукӏана дунялалъул боцӏуда хадув лъугьунарев, гӏадатияв чи. 1990-абилел соназда захӏмат букӏана гӏумру гьабизе. Гьединлъидал гӏемерисез бетӏербахъи гьабулаан ччугӏа бичун. Директорасул харжалда божун чӏечӏого, гьебго гьабизе Гӏумарасхӏабги лъугьунарогоян гӏажаиблъун рукӏунаан гьел. Амма гьединаб жо къабуллъулев чи вукӏинчӏо дов.\nДиректорлъи гьабизеги бигьа букӏинчӏо гьесие, хасго 1990-абилел соназда. Сундулъго бичча-бихъан тей букӏиндал доб заманалда. Школалда ремонтги уборщицаялъгун цадахъ жинцаго гьабулаан. Тӏокӏаб лъиданиги абулароан кумекалъе рахъаян, лъихъаниги гӏарацги бакӏарулароан.\nРалъадги живгоги\nЖавабчилъиги къохӏехьейги букӏана Гӏумарасхӏабилъ. Гьелъие кӏиго мисалги бачинин.\nРФялъул Пачалихъияб Думаялде депутатал рищизе хӏадурулел рукӏана. Вертолет бачӏине кколаан бюллетеналги росун. Махӏачхъалаялде арав Гӏумарасхӏабги вачӏинин гьелда рекӏунилан йикӏана дун. Амма квешго накӏкӏги лъун букӏун, вертолёт Лопатино абураб бакӏалда рещтӏун буго. Бюллетеналгун цадахъ Гӏумарасхӏабги гьенивго тун вуго. Нахъисеб къоялъ байбихьулаан рищиял. Гьезде щвезеян абун Гӏумарасхӏаб Лопатиноялдаса расаги бачун вахъун вуго ралъдалъе. Амма бакьулъе щведал моторги хун, раса чӏун буго. Зажигалкаялъул канлъухъе расаялда тӏад щибниги гьечӏолъи бихьун буго гьесда – я жилетал, яги лъим ххалел жал. Гӏицӏго якорь батун буго.\nГьеб мехалда Гӏумарасхӏабица байбихьун буго цебе рехун якорьгун, цӏан гьелъул кваргун, раса цебехун бачине. Гьедин гьабун буго анкьго километр тезегӏан. Рищиял байбихьилалде жив чӏинкӏиллъиялде щвезе кколин абураб пикругун, бид рецӏцӏулел, гьорорал квералгун радакь вачӏана Гӏумарасхӏаб рокъове.\nЦоги мисал. Цӏияб соналда цебесеб къоялъ лъималазе ёлкаялдаги сайгъатаздаги хадув Махӏачхъалаялде ун вукӏана гьев. Нахъвуссун вачӏиналде бахъана квешаб гьуриги, бачӏана зампари бихъулеб цӏоройги. Гьанже гуреб гьанже вихьилин ралъдалъан вачӏунев чийилан, ралъдал рагӏал мерхьуней дунги йикӏана. Амма гьадинаб пуй-чӏваялда къватӏиве вахъунев чи вукӏунарилан, мадугьалас дун рокъое йитӏана.\nГӏемер заман иналде мадугьалзабазул вас векерун вачӏана Гӏумарасхӏаб тӏаде щванила, жиндихъго бугеб къайи босизе гьес ниж ралъдал рагӏалде ахӏулел ругилан бицине.\nДун екерана гьение. Вай, гъаринха, Гӏумарасхӏаб, гьадинаб къиямасеб къо чӏараб мехалда вахъинчӏониги бегьулароанищин мун къватӏивеян абуна дица. Гьеб жо рагӏулеб хӏал эсул букӏинчӏо. Цӏияб сон байбихьилалде школлъимал роххизаризе сайгъаталги росун тӏадвуссиналдаса воххуца холев вукӏана. Гьебни гӏицӏго школалъе гуребги, тӏолабго Чечень чӏинкӏиллъиго гӏахьаллъараб байрам букӏана.\nДиректорин абун, лъималаздехун кьвари бихьизабиги букӏинчӏо гьесул. Цо нухалъ школалда жанире лъугьун ратун, цо васал рачун рачӏун рукӏана хъаравулас. Амма Гӏумарасхӏабица берцинго хабарги бицун, кибениги лъазабичӏого, риччан тана гьел. Чиясул гӏумру хвезабизе кутакалда бигьаяб жо бугин абулаан гьес.\nГӏадамазул бербалагьиги гьединабго букӏана Гӏумарасхӏабидехун. Школалда квеш лъугьун, гьесда хадуб вертолет бачӏараб параялъ гӏурусал рокъоре рекерун руго гьев хвасар гьавеян Аллагьасе какал разе. Жидеца кинаб кумек гьабилебин Франциялдаса бахъарабцин ахӏун бачӏана нижер цӏалдохъабазги."}
{"slug": "9744-rekiel-khinl-i-sajg-at-gaburab-dag-istan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9744-rekiel-khinl-i-sajg-at-gaburab-dag-istan", "title": "Рекӏел хинлъи сайгъат гьабураб Дагъистан", "date": "2020-10-19 10:52:23", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда нилъехъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана «Россия жакъа» абураб халкъазда гьоркьосеб агентствоялъул журналистал Юлия Насрудиноваги Владимир Песняги. Дагъистаналде рачӏиналъе ккараб\nгӏиллаялъулги мугӏрузулаб улкаялъ гьел къабул гьарураб куцалъулги бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Ю. Насрудиновалъулгун.\n— Юлия, Дагъистаналде сапар бухьиналъе гӏилла щиб ккараб?\n— Москваялда ва цогидал чӏахӏиял шагьаразда гӏумру гьабулел ракьцоязда цӏакъ лъикӏ лъала къватӏисел улкабазул берцинлъи, тӏабигӏиял, ва тарихиял бакӏал. Гьебго заманалда лъазего лъаларо халкъазул тарих, маданият ва тӏабигӏияб берцинлъи. Гьелда бан, нижер агентствоялъ гӏумруялде бахъинабулеб буго «Россия рагьулаго» абураб проект. Гьелъул мурад буго гьалбал хириял, тӏабигӏат берцинал, гьайбатал ва дунялалда тӏокӏалъ гьечӏел гӏадинал регионазул хӏакъалъулъ бицин. Нилъер кӏудияб улкаялдаги руго гӏамал берцинал гӏадамалги, спорталъул базабиги, маданияталъул централги, музеялгун театралги, инсанас квер хъвачӏеб гьайбатаб тӏабигӏатги. Гьезулги бицун, россиялъулал Россиялда жанирго сапарал гьаризе тӏамиги буго нижер проекталъул мурад.\nДагъистаналде дун ячӏана машгьурав фотожурналист, МИАялъул хасав фотомухбир, «ПроФото» абураб фотоконкурсалъул (суратал рахъулезул конкурсазда гьоркьоб гьеб бащалъула «Оскар» кинопремиялда) премиялъул лауреат Владимир Песнягун цадахъ (гьес рахъарал Дагъистаналъул суратазухъ балагьизе бегьула Фейсбукалда – ред.). Нижеца суратал рахъана Поволжьеялъул, Дальний Востокалъул, Татарстаналъул, Уралалъул, Крымалъул. Гьанире рачӏун рахъарал суратаздалъун нижеца дунялалдаго бихьизабизе буго Кавказалъул гьайбатаб тӏабигӏатги, гьалбал хириял дагъистаниялги, нижеда дандчӏвараб гӏаданлъигун яхӏ-намусги. Дида ракӏалде ккола, гьес Дагъистаналда рахъарал суратал бищунго тӏадегӏанаб къиматалъе мустахӏикълъизе ругин абун.\nДида киданиги кӏоченаро Гумбет районалъул Мелъелтӏаса вехь Хӏайбула. Гӏумруялда жаниб тӏоцебесеб нухалда дида бихьана рорхатал мугӏрузда хьихьулеб чӏегӏербоцӏул рехъен. Гӏухьби ругоан, чодаги рекӏун. Гьединал суратаз кӏудияб асар гьабула. Хасаб хинлъи рещтӏуна тӏаде рачӏарал гьалбадерие гьез ракӏбацӏцӏадго гьабулеб хъулухъ бихьулеб мехалда, ракӏ-ракӏалъ гьез гьарзаго цере лъурал нигӏматазул хӏалбихьидал! Гьеб кинабго дуе маян кьолеб буго, щибгӏаги жо гьелъухъги тӏалаб гьабичӏого. Гӏажаибал гӏадамаз гӏумру гьабулеб буго мугӏрузда. Цо анкьцин гӏоларо гьаниб бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе.\n— Мун щвана батӏи-батӏиял регионазде. Дагъистаналъул хаслъи сундулъ батараб дуда?\n— Швейцария хӏухьбахъиялда тезе заман щвана! Гьаниб кинабго буго цивилизация хъинтӏичӏого цӏунараб. Хӏажат буго гӏицӏго туризмалъулаб инфраструктураялде кӏвар кьезе: разе ккола кафеял, гьалбадерил рукъзал, хӏадуризе ккола тарихалъулгун маданияталъул бицун бажарулел махщелчагӏи. Дида лъала, нужер министерствоялда гьеб рахъалъ хӏалтӏи гӏуцӏун бугеблъи. Нижеда рихьана цо-цо бакӏазде рачӏарал туристалги гьенир гӏуцӏун ругел шартӏалги. Амма гьабизесеб хӏалтӏи жеги гӏемер буго.\nДун гӏажаиблъана магӏарул росабалъ ругел берцинго къачӏарал, машина бачине санагӏатал нухал рихьидал. Гьайгьай, руго лъелго хьвадизе кколел бакӏалги – гьединал бакӏал рукӏинеги ккола, туристаз гьаб гьайбатлъиялдаса лазат босизе.\n— Дагъистаналъул гьайбатлъиялъ асир гьаюрай дуца щиб гьарилеб дагъистаниязе?\n— Кӏудияб баркала буго цееккун «Россия жакъа» абураб МИАялда хӏалтӏарай дир ишцояй Патӏимат Расуловалъе – гьелъ гӏемераб кумек гьабуна нижее: гостиница балагьизеги, сапарал гӏуцӏизеги, республикаялъул хаслъи бичӏчӏизеги. Баркала кьола дица нижее гьоболлъи гьабурав щивав дагъистаниясеги, хасго вехь Хӏайбулагьие ва гьесул хъизамалъе – нижеда цебе гьез лъуна магӏарулазул богогьанлъиялъул тӏолалго нигӏматал: хинкӏалгун белъараб гьанги бакьги, цӏурачадал, корониб бежараб хъабахъгун чӏакӏултӏан, цӏоросаролъ… Кинабго рехсезе хӏал кӏвеларо. Хӏакъикъаталдаги, кӏочонареб рекӏел хинлъигун толеб буго дица Дагъистан.\nДагъистаналъул хӏакъалъулъ гьадин бицана фотомухбир Владимир Песняца:\n— Нилъер улкаялъул цо-цо регионазул гӏадамазда Дагъистан лъала гьоркьоса къотӏулареб рагъ-кьал унеб ва тӏаде вачӏарав чиясе квешлъи гьабизе къачӏараб халкъалъ гӏумру гьабулеб регион хӏисабалда. Республикаялде ниж рачӏана цо мурадгун: гьелъул бугеб гьарзаяб ва цивилизациялъул балагьаз чӏунтичӏеб тӏабигӏатги гӏадамазул лъикӏлъиги дунялалъего гьурщизе. Сверухъ гьайбатаб тӏабигӏат, географиялъул рахъалъ гьарзаяб ракь, тарихиял балъголъабазул гъамас, ралъадгун салул авлахъ, мугӏрулгун гӏатӏиракь – щибго камун гьечӏо гьаниб.\nДир пикруялда рекъон, лъикӏал гӏадамаз берцин гьабула гӏумру гьабулеб ракь, ватӏан, улка. Гӏадамал квешал ругони, пуланаб бакӏ цӏакъаб бугин абиларо лъицаниги. Гьаниб щибаб районалъул буго хаслъи, щибалъул буго цогидазда релълъенги. Дун пана гьавуна басрияб Гъамсукь росдал тӏабигӏаталъ. Рехун тараб росдалцин бугеб гьайбатлъи! Гьелъул некӏсиял минабазул риххун унел къадазулъ бессун бугебщинаб тарихгун балъгояб чӏухӏи! Мугӏрузде вахараб мехалда гурони тӏубанго бичӏчӏун бахъунаро гьезул тӏадегӏанлъиги сихӏкъотӏиги. Дагьабго заманалъ кьурабазухъ гӏенеккани, гьез бицине бугин ккола гӏасрабаз жаниб цӏунун тараб тарих. Огь, цо гьезулъ дида халлъараб чӏаголъиги гӏумруялде рокьиги!"}
{"slug": "9745-ruchchabazul-kiarchanl-ijishch-akhir-zamanal-ul-balagishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9745-ruchchabazul-kiarchanl-ijishch-akhir-zamanal-ul-balagishch", "title": "Руччабазул кӏарчанлъийищ, ахир заманалъул балагьищ?", "date": "2020-10-19 11:06:52", "categories": ["obshestvo"], "text": "Россиялъул цогидал регионазда гьоркьоб, хъизамал риххунгутӏиялъул рахъалъ лъабабилеб бакӏалда буго Дагъистан. Азарго ригьнада гьоркьоса бищунго цӏикӏкӏун ригьнал риххун руго Сахалин областалда. Бищун дагь – Чачаналда, Ингушетиялда ва Дагъистаналда.\nРосстаталъул баяназда рекъон, 2018 соналда Россиялда данделъун буго 967000 хъизан ва гьебго заманалда жаниб ратӏалъунги руго 613000 рос-лъади.\nДагъстаталъул баяназда рекъон, 2020 соналъул январалда ригьин гьабун буго 793 хъизамалъ, ратӏалъун руго 323 рос-лъади. Февраль моцӏалда гьабун буго 1053 ригьин ва ратӏалъун руго 429-ял.\nДРялъул ЗАГСалъул баяназда рекъон, 2018-2019 соназда данделъарал хъизамазул 30 процент ратӏалъун руго.\nРигьин гьабураб щибаб лъабабилеб хъизам батӏалъиялъе гӏилла щибха? Гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабидал баянлъана, Россиялда хъизамал риххиялъе аслияб гӏилла гьекъолди, наркомания, рос-лъади цоцазе хилиплъи кколеб букӏин. Нилъер республикаялдайин абуни, гьел гӏиллаби ахирисел бакӏазда руго.\nДагъистаналда хъизамал риххиялъе руго гьадинал гӏиллаби:\n1. Рос-лъади магӏишат, хъизамалъул тӏалаб гьабиялде хӏадурлъун гьечӏолъи.\n2. Ресукълъи, хъизам хьихьизе кӏунгутӏи.\n3. Росасул яги лъадул гӏагарлъиялъулгун гьоркьорлъаби лъикӏал гьечӏолъи.\n4. Гьекъолди.\n5. Рос-лъади цоцазе хилиплъи.\n6. Цогидалги гӏиллаби.\nГӏемерисеб мехалда, рос-лъади ратӏалъулелъул, гьел киналго гӏиллаби цадахъгоги данд чӏвала. Масала, росги лъадиги цадахъаб магӏишат гьабизе, хъизан гӏуцӏизе хӏадурго гьечӏолъиялъги загьирлъулел руго цогидал гӏиллаби. Гӏицӏго чӏужуялда тӏадаб гурони, росасда гьелъул ихтиярал лъангутӏиялъги бижизабулеб буго хъизамалда жаниб рокьукълъи. Ресукълъиялъги хӏалтӏи гьечӏолъиялъги гӏолохъанал хъизамал цӏунизе захӏмалъулеб буго. Ва гьеб киналдаго гьоркьоре гӏагарлъиги лъугьани, тӏубанго биххулеб буго хъизам.\nАхирал соназда хъизамал риххиялъе ругел гӏиллабазул гьадин бицана нижеца гара-чӏвари гьабураз.\nГӏедегӏулел руго хъизан биххизе\nМадихӏат, 73 сон: «Нижер заманалда букӏараб захӏмат хӏехьезе кколеб букӏарабани, гӏодор ккаралъуса тӏадего рахъинароан гьанжесел ясал. Лъимер гьабизе заман щвезегӏан хурирги хӏалтӏулаан ниж, 9-10 лъимерги гьабулаан, ясли-ахалги, ретӏел чурулел машинабиги рукӏинчӏо нижер. Гьанже харил магьал раччизе кколаро, пачалихъалъ лъимал хьихьизе гӏарацги кьолеб буго, эбелалъулаб капиталги буго. Гьанжесел руччаби росас хьихьулел гьечӏин, квер борхулеб бугин, цогидай тӏаде ячун йигинги абун, росасдаса ратӏалъулел руго. Жийги лъималги хьихьизе кӏоларев рос щайин къваригӏаравин абун хъизам биххизе гӏедегӏулел руго.\nГӏолохъанаб мехалда дир росги вукӏана квешав, иман рекӏелъ гьечӏев чи. Мехтараб мехалда дун юхулаан, гъалмагъир гьабулаан. Цогидал руччабиги камулароан гьесул.\nЦо нухалда дие квешезеян абун какикьжоялде тӏаде хъублъи гьабуна гьес. Гьеб мехалда рокъоса нахъе уней йикӏарай дун эбелалъ нахъ юссинаюна. Кигӏан квешав вугониги, дур ункъо ясалъул эмен вугин гьевин абуна гьелъ. Гьел ясал рос-рукъалде унелъул, гьел абизе рачӏунел гӏадамал дурго нахъияб гӏагарлъиялъухъе гурел, гьезул инсухъе ине гӏоло хӏехьезе кколин дуца гьевин абуна гьелъ. Ратӏалъараб хъизамалдаса яс гьаризеги лъикӏаб хъизамалдаса чи вачӏунареблъи лъалаан дида. Асиятица Фиргӏавн хӏехьарав куц ракӏалдаги чӏезабун хӏехьана кинабго.\nГьале ясалги рукъалде руссана, гьезулги лъималазул лъималги руго. Росги херлъун бусаде ккана. Гьесда хадуб хъулухъ гьабулей дунги йиго. Гьанже вукӏунаха дида тӏаса лъугьаян гьарделев. Жакъа къоялде щвезегӏан чияда лъазе течӏо дица дирго рукъалъул къварилъи. Лъадул гӏакълуялъ данде бачунеб жо букӏуна хъизам. Цо-цоял рукӏуна мадугьаласул ахикь пихъ лъикӏаб бугин, жидераб къадараб бугин къварилъахъдулел, гьес гьелда хадуб гьабураб хъулухъалъул хӏисабго гьабичӏого».\nЧанги сардал ана магӏу тӏолаго\nЗарема, 35 сон, цо лъимергун ятӏалъарай: «Лъимадуе гӏоло 10 соналъ цӏунана дица хъизам. Гьелщинал соназ хӏехьана наркотикалги хӏалтӏизарулев, дие гӏакъубаги кьолев рос. Дун росасе ун йикӏана рокьи ккун. Дун гьаризе рачӏиндал, инсуцаги калам гьечӏого кьуна, васасул эбел-эмен лъикӏал чагӏи ругинги абун. Ячинегӏан живго лъикӏав чилъун вихьизавулаан гьес. Лъимер гьабун хадуб тӏуванго хисана. Гӏемерисеб заман гьесул гьудулзабазда цадахъ унаан. Хӏалтӏизеги гьес дун йиччалароан.\nДанделъун лъабабилеб соналде гьудулзабазда хадувги ун, диналъул батӏияб мухъилъе лъугьана. Дица вирд гьабулелъул ццидахунаан. Рамазан моцӏалъ наркотикалги хӏалтӏизарун вачӏунаан рокъове ва дунги юхулаан. Чанги сардаз росас юхун къварид гьаюрай дун унаан гьесул эбелалъухъе, хӏинкъиялъул кутакалъ гьелда къвалги бан, гӏодилаго рогьунаан сордо. Ясалдаги бихьулаан гьес гьабулебщинаб. Гьес гьеб квешаб гӏамалгӏаги телародаян абун, чанго нухалда эбел-инсул рокъое арай дун, хадув вачӏун гьес нахъе ячана. Эбел-инсул рокъое тӏуянго тӏад юссани, дун лъиего хӏажалъиларин ракӏалде кколаан. Гьединлъидал гӏагарлъиялдаги щибго лъазе толароан. Гьесги хӏайванилан гуреб цӏарцин абулароан дида. Нижер ахӏвал-хӏал кватӏун бичӏчӏарай мадугьалалъ абуна дида цо къоялъ гьев чияс тохлъукьего мун чӏвани, дур яс лъицадай хьихьилаян. Гьеб мехалда ракӏалде ккана дида, гӏадамазул гӏайибаздаса хӏинкъичӏого, гьеб балагьаб рокъоса дирго лъимер хвасар гьабун лъикӏилан.\nРосасдаса ятӏалъун хадуб бащдаб лъагӏалица рукӏалиде бачӏунеб букӏинчӏо дир гӏумру. Жиндаго букӏун батилин гӏайибин абулелги камичӏо. Гьезул щивасда дирго гӏумрудул хӏакъикъат бицине дунги инчӏо. Бокьараб бицунел рукӏаян гӏадамалги тун, хӏалтӏизе ва цӏализе лъугьана. Къад университеталде хьвадулаан, къалъудаса хадуб руччабаз квен гьабулеб бакӏалде хӏалтӏизе хьвадулаан. Хӏалтӏуца ва бокьулеб ишалъ кӏоченабулаан дирго къварилъи. Гьанже цӏалиги лъугӏана, цогидав чиясе росасеги ун цоги лъимерги гьабуна. Дирго ясги гьесул лъималги цадахъ хьихьун, гӏадамал бахилаб яшавалдаги йиго гьанже».\nВагӏзачагӏи гӏемерлъун,\nгӏадлу хун буго\nХадижат, 47 сон: «Ахираб заманалда хъизамал риххиялъе гӏиллалъун дица рикӏкӏуна, руччабазе ихтиярал цӏикӏкӏун щвей. Интернеталдасан руччабаз цӏехолеб буго лъикӏабги квешабги. Гьаб Инстаграм абулеб социалияб гьиналдаги психологалги вагӏзачагӏиги гӏемерлъун, гӏолилазул гӏадлу хун буго. Хъизамал риххи битӏахъе модаялде сверулеб буго. Цебе росасдаса ятӏалъарай чӏужугӏадан лъикӏ заманаялъ къватӏиего яхъунароан, магӏишат гьабизеги гьелъие захӏмат букӏунаан. Гьанжейин абуни, чӏужугӏаданалъухъа жийгоги лъималги хьихьизе бажарулеб буго. Ятӏалъун хадубги психологазухъе хьвадун хехго рукӏалиде ячӏуней йиго. Ятӏалъи цебе нич букӏун батани, гьанже гьелъул хӏакъалъулъ кӏудияб бергьенлъи босараб кинигин бицуна.\nДиниял чагӏазги бицунеб буге-лъулха чӏужугӏаданалъул ихтияр бугин рукъалъул хӏалтӏи гьабичӏого тезецин. Гьеб бичӏчӏаралдаса нахъе руччабиги жидерго ихтиярал цӏехезе, гьездаса пайда босизе лъугьунел руго. Росасул эбел-инсулги гьесул яц-вацазулги къимат гьабулеб гьечӏо, гьезие адаб-хъулухъ гьабиялдаса инкар гьабулеб буго. Васасул хъизамалъ цебе гӏадин эбел-инсуда аскӏоб гӏумру гьабулеб гьечӏо. Гьединлъидалги батила жидеего бокьахъе хъизамалги риххи-\nзарулел. Гӏицӏго жидерго рахӏаталъул гуребги, гьоркьор хутӏулел лъималазулги ургъел гьабизе ккеларищ».\nЛейла, 28 сон: «Кӏудияб гӏелалъул руччабазда гьанжесеб гӏел бичӏчӏулеб гьечӏо. Цо-цо мехалда гьез нижедехун бугеб жидерго жахӏдацин бахчуларо. Нужее бугеб рахӏат жидее щвечӏин абула. Исламалда рекъон, лъабго моцӏалъ хъизан хьихьичӏого тарав росасдаса ятӏалъизе гьаеян имамасда аскӏое ине ихтияр буго чӏужугӏаданалъул. Имамас гьев чи вагӏза-насихӏат гьабун кантӏизавизеги бегьула. Имамасухъе ун, жиндирго ихтияразул тӏалаб гьабигицин нилъер гӏадамаз рогьо-ничалде сверизабула. Цогӏаги чӏужугӏаданалъе хӏажат букӏунаро лъимал инсудаса ратӏа гьаризе.\nНилъер бихьиналин абуни чанго соналъги рукӏуна Россия сверулел, гурхӏарас хьихьагиян лъадиги лъималги росулъ рехун тун. Цо-цоял гьенирго лъудбиги рачун чӏола, цогидал чунтбиги рагьун, тӏад руссунги рачӏуна. Щай бегьулареб гьезие вагӏза-насихӏат гьабизе? Гьабураб вагӏза-насихӏатги бичӏчӏичӏони, лъималги гьев чиясе хӏажат гьечӏони, щай чӏужугӏадан гьединаб хъизамги цӏунун чӏезе кколей?»"}
{"slug": "9746-avarazul-kalam-gel-ul-kamill-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9746-avarazul-kalam-gel-ul-kamill-i", "title": "«Аваразул» «Калам» — гьелъул камиллъи", "date": "2020-10-19 11:46:01", "categories": ["kultur"], "text": "Гӏагараб авар калам. Дур куркьбаздаги рекӏун, роржуна дир пикраби рикӏкӏаде магӏарухъе. Гьез, кверги ккун, нухарегӏана дун батӏияб гӏумруялде. Гьезул рагӏдукь жакъаги батулеб буго дида рогьелги гьогьомиги.\nГӏагараб авар мацӏ! Унго, дур берцинлъи, дур камиллъи. Дур гьаракь рагӏарабго, цӏаюцӏуна цӏвабзахъе. Дозухъе, дур кумекалдалъун доре роржарал миллатго чӏухӏарал васалгун ясазухъе. Гьездаги бицине гьезул ирсилазул хӏакъалъулъ. Руго жакъаги нилъеда гьоркьор миллатги, мацӏги, тарихги хириял гӏолилал.\nГӏагараб авар мацӏ. Рагӏанищ дуда дурго васалгун ясазул сахаватал ишазул хӏакъалъулъ. Бокьун буго дуда кӏудияб рохел бицине:\n— Мун дагьабги тӏегьаялъе ва хадусел ирсилазе ясбер гӏадин цӏуниялъе кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго «Аварал» гӏуцӏиялъ. Гьелъ зама-заманалдасан данде гьарула магӏарулал, кӏалъала, хъвадарула, пикраби гьарула магӏарул мацӏалда. Гьединго гьезул квербакъиялдалъун рагьун буго «Калам» абун цӏар кьураб рахьдал мацӏал малъиялъул школа-курсал. Гьенир хӏалтӏулел ругел Хатимат Мирзоева ва Мухӏамад Манапов араб анкьалда нижехъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏана.\nХатимат ккола Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель. Мухӏамад цӏалулев вуго ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул лъабабилеб курсалда. «Каламалъе» нухмалъи гьабулеб буго «Аварал» гӏуцӏиялдаса Марям Шапиевалъ. Гьейги ккола Шамхал поселокалъул гьоркьохъеб школалъул авар мацӏалъул учитель. Гьез тӏаде босун буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш – рахьдал мацӏ лъазе бокьаразул курсазде хьвадулел гьелъул балъголъабазул дунялалде сапаралъ рачин.\n«Калам» рагьаралдаса гӏемер заман инчӏо. Гьелъул гьаракь рагӏараб къолъун рикӏкӏуна исана соналъул 10 июнь.\nГьенир цӏалулел руго лъималги гӏолилалги. Бихьулищха – дагь-дагьккун гӏемерлъулеб буго рахьдал мацӏ лъазе бокьаразул къадар. Гьеб буго нилъ киналго рохизе ккараб хӏужа. Гьенир кьолел руго онлайн-дарсалги. Гьениса гӏагараб каламалъул камиллъи бихьизе ва бичӏчӏизе бокьарал гӏолилал кинха нахъ чӏвалел. Масала, гӏагараб Ватӏаналдаса рикӏкӏада, Франциялдаса жиндие авар мацӏ лъазе бокьун бугилан абураб ругьел Дагъистаналде щведал, мугӏрул киндай рохарал! Гьеб рохел нижеда бицана Мухӏамадица. Гьезул тӏогьазда тӏавап гьабулел чӏухӏарал цӏумазги кьурдул свери лъун батила гьениб. Гьелдаса хадубги кинха абилеб рахьдал мацӏалъ нилъергун къо-лъикӏ гьабулеб бугилан.\nХатиматицаги бицана жиндирго цӏалдохъан, Татаралдаса Раниял. Гьей кколей йиго аспиранткаги. Хӏалтӏулей рагӏула авар мацӏалъул грамматикаялда тӏад.\n— Гьей йиго дир цӏалдохъабазул бищунго хӏаракатай. Авар мацӏ лъазабизе гьелъул бугеб гъираялъ дир гъирагицин багъа-башаризабуна, — йилан елъана Хатимат.\nГара-чӏварана авар мацӏ цӏуниялъе хадурккунги гьаризе бегьулел ва ругел ишазул хӏакъалъулъ.\n«Каламалъулазда» ракӏалда буго цохӏо авар мацӏалъул гурелги курсал рагьизе. Байбихьун руго Дагъистаналъул цогидал мацӏазул курсалги. Гьебги ккола Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул цоги мисалги.\nШколалда гьединго малъизе руго авар халкъалъул тарихги, гӏадаталги, маданиятги.\nНух битӏаги дуе, «Калам». Биччанте нужеца раччун ругел лъикӏал къасдазул хулжалги магӏарулазул мацӏалде бугеб рокьул къатӏрабаз къойилго лъалъазе."}
{"slug": "9747-tsudungo-tiatinabuni-sakh-gabize-bigal-ula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9747-tsudungo-tiatinabuni-sakh-gabize-bigal-ula", "title": "Цудунго тӏатинабуни, сах гьабизе бигьалъула", "date": "2020-10-19 11:56:03", "categories": ["med"], "text": "Ахираб 10 соналда жаниб Дагъистаналда рак унтиялъ унтаразул къадар цӏикӏкӏун буго 35 проценталъ. 2019 соналда республикаялда ракалъ унтун вуго 5026 чи (2391 бихьинчи ва 2635 чӏужугӏадан).\nСоналдаса соналде рак унтялъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин гуребги, гьеб «гӏолохъанлъулебги» буго. Рак унти ккеялъе рукӏунел гӏиллабазул, гьеб сах гьабиялъе республикаялда гӏуцӏун ругел ресазул,\nгьелдаса цӏуни-къай гьабизе кколеб къагӏидаялъул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДГМУялъул онкологияб кафедрая лъул доцент, республикаялъул онко логияб централъул хирург-онколог-мамолог Гӏумардибир Мухӏамадовасулгун.\n— Гӏумардибир, сундалъун кколеб рак унти?\n— Гьеб ккола инсанасул пуланаб логол клеткаби къокъаб заманалда жаниб цӏакъго гӏемерлъиялдалъун. Гьелъие ругел гӏиллабиги гӏалимзабазда жеги тӏуран лъалел гьечӏо. Унти ккеялъе квербакъула чиясул геназул ва гормоназул гӏунгутӏабаз, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, хашаб къагӏидаялда гӏумру тӏамиялъ, хъалиян цӏаялъ, мехтизарулел жал гьекъеялъ, заралиял жал гъорлъ ругеб кваница.\nУнти байбихьула чорхол цо клеткаялъул гӏадлу хвеялдасан. Цоги, некӏо унтараб, загӏипаб ва заман щвелалдего гьабураб лъимер, гӏемерисеб мехалда, холаан. Жакъайин абуни, хӏатта 300-400 грамм гурони бакӏлъи гьечӏел гьитӏичалги, хасал боксазда жанир гӏезарун, хвалдаса рорчӏизарула. Кӏудиял гӏедал гьезул иммунитетги сахлъиги загӏипаб букӏуна ва гьел ракалъ унтизе бегьула.\n— Рак унти «гӏолохъанлъулеб» букӏиналъе гӏилла щибха кколеб?\n— Гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола жакъа гӏолилаз бигьаго гӏумру тӏамулеб букӏин. Гьел хӏинкъула захӏматаб хӏалтӏудаса: я магь баччуларо, я хур чӏараларо, хъахӏаб чедги кун, сериалазухъги ралагьун, тахида регун унеб буго гӏумру. Къанагӏатги кунаро хъачӏаб, къвакӏараб квен, хӏалтӏизабула кьаралъи. Кватӏун гурони ясал рос-рукъалде унаро, аниги, гьез кватӏун гурони лъимал гьаруларо. Гьелдалъун хола ясазул гормоназул магӏна, гормонал цӏикӏкӏуна курмузул клеткабазулъ. Гьеб ккола курмузда рак унти ккеялъе бугеб аслияб гӏиллаги.\n— Сахаб гӏумру тӏамулев чиги унтулагури ракалъ…\n— Цо гӏилла сабаблъун ракалъ унтулел рукӏаралани, гьеб бигьаго сах гьабизе кӏвелаан. Рак унти букӏине бегьула эбел-инсудаса ирсалъе щварабги, вирусал-бактериязул «гӏайибалдалъун» ккарабги, гӏураб къадаралда пихъалгун овощал щвечӏолъиялъги.\n— Рак унтудаса цӏуниялъе бищунго цӏикӏкӏун сунде кӏвар кьезе кколеб?\n— Бищун гӏемер хола гьуъразда рак унти ккарал. Гьуърал унтиялъе аслияб гӏиллалъунги рикӏкӏуна хъалиян бухӏи. Гьелъ рак унти ккезабула кӏветӏалдаги мукъулукъидаги.\n— Рак унтиялъ бищун цере инсанасул кинал лугби жагъал гьарулел?\n— Гьеб рахъалъ Дагъистаналда тӏоцебесеб бакӏалда руго руччабазул курмул, кӏиабилеб бакӏалда — гьуърал, лъабабилеб бакӏалда — тӏом, ункъабилеб бакӏалда – чехь-бакь, щуабилеб бакӏалда — предстатаялъул цӏекӏгьан… Предстательнияб цӏекӏгьанада рак унти ккеялъе бугеб гӏиллалъун рикӏкӏуна черх хӏалхьиялда «хьихьи», гьединго саяхълъиялда хьвади.\n— Гӏемерал гӏарзал рукӏуна республикаялда медицинаялъул хъулухъ гӏураб гьечӏин, больницабазда хӏажатал дараби рукӏунарин, хъулухъ гьабиялъул даража тохаб бугин, поликлиникабазда иргаби рукӏунин… Гьеб рахъалъ онкологиялъулаб централда щиб хӏал бугеб?\n— Араб гӏасруялъул 70-абилел соназда бараб онкоцентралъул минаялда унтаразе буго 260 койка, ай гьоркьохъеб хӏисабалда, Россиялъул цогидал регионазда бугелдаса лъабго нухалъ дагь. Дагъистаналдаго гӏадин лъабго миллион халкъ бугеб Россиялъул регионалъул онкоцентразда унтаразе букӏуна 600-700 койка. Руго гьаб заманалъул унти чӏезабулел гӏемерал алатал. Хӏалтӏулеб буго позитрониябгун эмиссионияб томограф.\nАмма камуларо цӏакъго багьаял цо-цо дараби гӏоларого рукӏиналъул хӏужаби.\n— Исана республикаялъул онкоцентралда цебе хӏалтӏизе биччана цӏияб стационар ва поликлиника. Гьелдалъул унти тӏатинабиялъул ва сах гьариялъул даража кин хисизе бугеб?\n— Онкоцентралда цебе хӏалтӏизе биччараб цӏияб поликлиника ва 60 койка бугеб стационар нилъее лъугьана кӏудияб рохеллъун. Поликлиникаялда иргаби дагьлъана, тохтурзабазухъе ине унтаразе нух къокълъана. Стационаралда рагьана киналго алатаздалъун ва специалистаздалъун хьезабураб руччабазул керен сах гьабиялъе хасаб отделение, гьайгьай, кватӏичӏого гьелъ лъикӏал хӏасилал кьезе руго. Онкоцентралъул хӏалтӏи лъалаго лъикӏлъана, рачӏана цере щолел рукӏинчӏел цӏиял препаратал ва цогидабги.\n— Махӏачхъалаялда онкологикияб кластер базе букӏиналъул гӏемер бицуна…\n— Гьеб букӏинаан Северияб Кавказалъул киналго республикабазул унтаразе кумек щолеб кластерлъун. Гьениб букӏине буго лъикӏал алатаздалъун хьезабураб поликлиника, радилогикияб центр… Амма кида гьеб бан бахъине бугебали лъаларо.\n— Онкологаз абула, цудунго тӏатинабуни, рак унти сах гьабизе бигьалъулин. Амма унтарал централде рачӏунин кватӏун. Гьениб унти чӏезабиялъул гӏунгутӏийищ бугеб яги гӏадамазул жидерго сахлъиялда тӏадчӏей гьечӏолъийищ гьеб кколеб?\n— Черхалъул рукӏунаро рак унти цудунго загьирлъулел киналгӏаги гӏаламатал ва гьел тӏатиндал ракалъ черх чӏвала. Гьелъулъ буго аслияб масъалаги, захӏмалъиги. Цудунго унти тӏатинабиялъул мурадалда, щивав чи тохтурасул бербалагьиялда гъоркь вукӏине ккола. 35-40 сон барал чагӏи лъагӏалида жанир цо-кӏиго нухалъниги онкологасухъе ине ккола. Чара гьечӏеблъун ккола зама-заманалдасан республикаялъул тӏолабго халкъалъул цӏех-рех гьабиги. Масала, профессионалияб цӏех-рехги гьабун, рак унти гьечӏин абураб справка гьечӏони, бакътӏерхьул улкабазда щивго хӏалтӏуде восуларо.\n— Рак унти сах гьабиялъе нужеца гьаб заманалъул кинал къагӏидаби хӏалтӏизарулел?\n— Сах гьави бараб букӏуна унтул даражаялда, унтарасул ригьалда ва гьесул чорхолъ ругел цогидалги унтабазда. Аслияб къагӏидаялда, захӏматаб рак унти сах гьабула хирургиялъулаб кумекалдалъун. Гьелъул хӏасилазухъги балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-, гормоно- ва лучевая терапиял. Жакъасел ресаздаса пайдаги босун, хирургас жигар бахъула унтараб лага цӏунизе. Масала, церетӏурал улкабазул хирургазухъа бажарула, нахъе къотӏичӏого, 95 проценталдасаги цӏикӏкӏун руччабазул керен цӏунун. Гьеб рахъалъ республикаялда буго бицинего нечараб хӏал, ай цӏакъго дагьаб къадаралда гурони нилъер хирургазухъа бажаруларо руччабазул керен цӏунун.\n— Нилъер онкоцентралда бищунго кӏудияб гӏунгутӏи щиб бугин рикӏкӏунеб дуца?\n— Гӏемерисел тохтурзабазул лъайгун махщел буго мукъсанаб. Къанагӏат гурони махщел камил гьабиялъе гьезие рес кколаро я улкаялъул яги къватӏисел пачалихъазул медицинаялъул центразде ине.\n— Ракалъ унтаразда щиб малъилеб, кинаб гӏакълу гьезие кьелеб?\n— Рокъовго тун, ракалъ унтарав чи сах гьавизеян лъугьине бегьуларо. Сах гьавиялъе аслияб шартӏ ккола сахлъизе вукӏиналда унтарасул ракӏчӏей, тохтурасул лъай-махщел ва хӏалтӏул хӏалбихьи. Ракалдаса жив ворчӏуларин абун, гӏумруялде квер хьвагӏун чӏезе бегьуларо, къеркьезе ккола. Захӏматго унтаравги сахлъараб хӏужа чанги ккола."}
{"slug": "9837-koronayalda-dande-k-erkolel-antitelabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9837-koronayalda-dande-k-erkolel-antitelabi", "title": "Коронаялда данде къеркьолел антителаби", "date": "2020-10-26 12:06:52", "categories": ["med"], "text": "Балагьаб унтудаса халкъ хвасар гьабизе батараб сабаб\nКовидалъ унтарал сах гьаризе квербакъеян хитӏаб гьабуна гьал къоязда республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ халкъалде. Гьелъие гӏоло бокьарав чияс кьезе бегьула жидерго би. Гьеб хӏалтӏизабизе буго цӏиял унтарал сах гьаризе. Амма цо шартӏги буго гьениб — би кьолев чи цевеккун ковидалъ унтарав вукӏине ккола.\nМахӏачхъалаялда бугеб би кьолеб станциялъул нухмалъулей Хадижат Танкаевалъул рагӏабазда рекъон, гьанжелъизегӏан гьез хал гьабун буго 3000 чиясухъ. Амма гьезда гьоркьоса 100 чиясул гурони бидул плазмаялъе дандекколел антителаби ратун гьечӏо. Гьеб гуребги, цевеккун ковидалъги унтун сахлъун вукӏаниги, гьесул цогидал лугбалги рукӏине ккола щибго унти гьечӏел. Мисалалъе, рекӏел, гьуърузул, тӏулал ва цогидалги унтаби ругел гӏадамазул бидул плазма данде кколаро.\n«Ковидалъ унтарал сах гьаризелъун гӏадамазул бидул плазма бакӏариялъул хӏалтӏи нижер станциялда унеб буго июнь моцӏалдаса нахъего. Гӏемерав чи вачӏана жидер би босеян абун. Амма киназулго гьеб босизе бегьулеб батичӏо. Цоял жеги лъикӏаланго унтудаса хадур сахлъун ратичӏого нахъчӏвазе ккана, цогидазул антителаби ратичӏо гӏураб къадаралда. Гьедин гьабураб хитӏаб буго Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ гьеб», — илан бицана Х. Танкаевалъ.\nАмма ковидалъ унтун больницаялда регун сах гьарурал гурелги, абизегӏанасеб къварилъи ккечӏого гьеб унти борхарал гӏадамалги рачӏине бегьулин би кьезеян бицана гьелъ. Щайгурелъул гьезул антителабиги данде ккола ковидалъ унтарал сах гьаризе. Гьединлъидал жидеде коронавирус бахун букӏинчӏилан чӏечӏого, би кьезе жидехъе рачӏаян абулеб буго Хадижат Танкаевалъги."}
{"slug": "9838-vakhishichi-kiigo-sonaldasan-kkuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9838-vakhishichi-kiigo-sonaldasan-kkuna", "title": "Вахӏшичи кӏиго соналдасан ккуна", "date": "2020-10-26 12:22:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Каспийскиялдаса микьго сон барай ясалда зулму гьабурав чи ватана Лаваша районалдаса\n18 октябралда цӏех-рехалъул идарабаз ккуна 2018 соналда Каспийскиялдаса Калимат Гӏумарова чӏварав чи. Гьев ватана Лаваша районалдаса, 1984 соналда гьавурав Мирзагӏалибахӏандов Мухӏамад. Жинцаго гьабураб такъсиралъе гьев мукӏурлъанин бицана республикаялъул цӏех-рехалъул идарабаз.\nСурав босулелъул, Мирзагӏалибахӏандовас кьурал баяназда рекъон, микьго сон барай Калимат Гӏумарова гьес йикъун йиго эбел-инсухъа гӏарац бахъизе къасдалда. Гьеб мурад тӏубачӏеб мехалда, хӏалги гьабун, чӏван буго гьес квергӏанасеб лъимер. Лага-лага батӏа гьабураб Калиматил жаназа батана 2018 соналъул сентябралда цо рахънибе жанибе рехун. Гьей тӏагӏаралдаса бан букӏана кӏиго моцӏ.\nЧед босизе тукаде эбелалъ йитӏарай Калимат нахъ юссине кватӏидал, телефоналдасан ясалъ жаваб кьоларо. Рахӏат хварай эбел йортула къватӏие, ясалъул хӏакъикъат цӏехезе. Амма гьелъул хӏасил ккечӏо. Яс тӏагӏана. Гъаримай эбелалъул рахӏатги макьуги сверана гӏазаб-гӏакъубаялде («Кие арай дир, Калимат? Дир чохьол лъимер, дир гьитӏинай яс!»).\nПикрабаз, ургъелаз ракӏ ссуссун балей, тату хун эбелги гӏагарлъиги бугеб мехалъ, яс йикӏуна аскӏобго бугеб минаялъул подвалалъуй, ягъзинав хӏалихьатица жаний тӏамун. Сундуе? Эбел-инсуца яс чӏаго нахъе кьуралъухъ гӏарац кьезе гӏоло. Цебеги чанго нухалъ нилъеда рагӏараб, амма ракьалдаса тӏагӏинабизе кӏвечӏеб инжитаб, вахӏшияб къасд. Гӏарац щолареблъи бичӏчӏарав гьес, йикъун ункъо къоялдасан чӏвала микьго сон барай Калимат Гӏумарова.\nГьединаб буго нижехъеги информалатаздасан щвараб баян. Социалиял сетазда лъун бугеб, жинцаго гьабураб вахӏшияб такъсиралъе гьев мукӏурлъулеб видеоялъухъ балагьун хадур, цо-цоял гьелда божана, цогидал божичӏо. Цӏакъго бигьаго мукӏурлъулев вугин жиндирго такъсиралъе, хӏал гьабун тӏаде босизабун букӏин бихьулеб бугилан, щакдараби рижана цо-цо чагӏазул гьеб хӏужаялда хурхун. Лъаларо, букӏарабищ гьедин хӏакъикъаталдаяли, амма гьабсагӏат гьев жанив лъун вуго. Унеб буго цӏех-рех, бакӏарулеб буго материал, лъазарулел руго хӏужаби, нугӏзал.\nКалимат Гӏумаровалъул эбел-инсуца гӏумру гьабулеб минаялда цебе 20 октябралда Каспийскиялда букӏана гьитӏинабго данделъи. 50-гӏанасев чи вачӏун вукӏана къварилъиялда ругел ясалъул гӏага-бажаразе ракӏ-макӏ гьабизе, зигара базе яги сихӏкъотӏун аскӏор эхетизе. Калиматил кӏудияв эмен Мухӏамадзагьир Гӏумаровас гьениб абуна ахир гьединаб ккеялъе гӏайиб низам цӏунулел хӏалтӏухъабаздаги бугилан.\n«Калимат тӏагӏараб тӏоцебесеб къоялъго тӏаса-масаго гьабунин абизе бегьула гьез жидедаго тӏадаб иш. Дица гьезда абулеб букӏана щибаб рукъалъул подъезд, квартира, подвалазухъ киса-кибго чӏухь байилан. Амма гьез дир гьари гӏадахъ босичӏо», — ян бицана чӏварай ясалъул кӏудияв инсуца.\nКалиматил гӏагарлъигун дандчӏвазе рачӏун рукӏарал жамгӏиял хӏаракатчагӏазги загьир гьабуна гьебго пикру. Низам цӏунулел хӏалтӏухъабазул тӏаса-масагояб хӏалтӏи гуребани, яс чӏаго кодое щвезеги рес букӏанин абуна гьезги.\nГьединго ясалъул гӏагарлъи тӏад рекъечӏо Калимат чӏварав хӏакъикъаталдаги гьанже низам цӏунулез ккурав чи вугодайилан щаклъигун гаргазе лъугьарал чагӏазда. Такъсирчи гьев вукӏиналда жидер кинабгӏаги щаклъи гьечӏилан гӏаммаб пикру загьир гьабуна гьез. Жамгӏиял церехъабаз, гьединго абуна Калиматил гӏагарлъиялъе, узухъда, бокьун бугин гьев иман къосарав чӏвадарухъанасе тамихӏ жидецаго гьабизе. Гьезухъе кодове кьунани, жамгӏияб судги гьабун, тӏубалаанин гьез гьесул къваригӏел.\nГьебго тӏалаб гьабулеб буго гӏадатияб халкъалъги. Киназго ракӏалде щвезабуна 1997 соналда Буйнакскиялда ккараб лъугьа-бахъин. Къватӏисел пачалихъазде хирияб багьаялде лугбал ричизе гӏисинлъимал рикъулел рукӏарал бихьинчиги чӏужугӏаданги, шагьаралъул аслияб майданалдеги рачун, тӏаде нартги тӏун рухӏана 1997 соналъул 4 марталда.\nКалимат Гӏумарова чӏварав Мирзагӏалибахӏандовасеги гьединабго тамихӏ гьабизе кколин тӏалаб гьабуна соцсетаздасан халкъалъ. Гьеб пикруялда тӏад рекъана хутӏарал магӏарулалги. Амма гьесие пачалихъалъул къануналъ гьабила тамихӏ. Жеги Аллагьасул диванги цебе бугелъул…"}
{"slug": "9840-tokhtur-zairal-k-ismatal-ul-k-isa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9840-tokhtur-zairal-k-ismatal-ul-k-isa", "title": "Тохтур Заирал къисматалъул къиса", "date": "2020-10-26 12:30:16", "categories": ["med"], "text": "Инсул талихӏалда расен угьарай\nГьел рукӏана гьанжего гьанже, доб вахӏшияб унти гӏодобциндал, къватӏире рахъине гӏадамазе рес щварал къоял. «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул хӏукму ккана гӏумруялъе кӏиабилеб хӏухьел кьурал тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвазе. «Баркала, тохтур» абураб проект хӏалтӏизе лъугьана газеталда. Ва тӏоцее дун щвана Махӏачхъала шагьаралъул лъималазул больницаялъул бетӏерав тохтур Абусупян Абакаровасухъе. Гьенийго дида ятана бадиса бакъ баккарай гӏадай берцинай яс. Гьабуна лъай-хъвай — Заира йикӏун йиго Абусупянил яс. Гьесие захӏматаб доб заманалда Заира къойил щолаан больницаялде.\n— Дун йихьидал, дадае бигьалъулаан хӏалтӏи. Дица бащдал ургъелал гьесда тӏаса росулаан. Гьеб унти сах гьабулел тохтурзабазул кьеразулъ йикӏинчӏониги, дица ралагьулаан инсул гьурмаде гьими тӏад буссинабулел рагӏаби. Дихъ гӏенеккидал, гьесул рекӏее гӏажаибго бигьалъиги лъугьунаан, — илан абуна Заираца.\nБахиллъизе бачӏана инсулги ясалъулги талихӏалда ва гьезул букӏараб гьуинаб гьоркьоблъиялда.\nГьелдаса нахъего бокьун букӏана дие Заирал хӏакъалъулъ хъвазе.\nБищунго къиматаб сайгъат —\nлъимералъул гьими\nГьадин малъана Заирада инсуца. Хасго гьелъул магӏна гьелда бичӏчӏана хвелалъ гӏумруялда тӏад бергьенлъи босулел къояз. Унтараб лъимадул нахъ буссинабураб гӏумруги каранде къан, хӏасратлъун вукӏунаан Абусупян гьелъул гьимиялъухъ. Заирада гьеб, гьайгьай, цӏакъ гъваридго бичӏчӏула. Гьейги хӏалтӏана 18 соналъ республикаялъул гӏемеррахъазулаб лъималазул больницаялда. Рукӏана макьу тарал чанги сардал. Гӏумруялдаги хвалдаги гьоркьор ругел лъималги, гьезухъ гӏащикъго, тохтурзабазде божилъигун ралагьун чӏарал улбулги — гьел лахӏзатал рукӏана цӏакъго къваридал. Кинаб рохелха букӏинареб тохтурасе, хвалдаса борчӏараб гӏумруялъ лъимералъул гьурмада рахъулел расенал рихьараб мехалда. Гьединал лахӏзатал гӏемерал рукӏана Заира Абакаровалъул гӏумруялъулъги.\nЦин — лъикӏай инсанлъун, цинги — лъикӏай тохтурлъун\nГьабсагӏаталда Заира Абакарова, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур, хӏалтӏулей йиго «Целитель» клиникаялда эндоскопиялъул ва функционалияб диагностикаялъул отделениялъул заведующаялъун. Гьей хӏалтӏизе кколей йиго лъабго тӏубазегӏан. Амма УЗИ-аппарталда лъезе гьелъухъе рачӏунезул ирга халатаб букӏунеб буго. Гьеб гьедин букӏин бихьана дидаги. Хӏалтӏул къо ахиралде щолеб заманалда гьение щваниги, гӏурабго заманалъ чӏезе ккана, гьелъухъе рачӏунел лъугӏизегӏан. Киназего гьимизеги къуват гӏолеб бугоан гьелъул. Гьадинги къваридал унтаразул, тохтурги гьимичӏони, щиб хӏалха букӏинеб. Лъарагӏлъиялда гьаюниги, гӏуниги, гьурмадаса магӏарул сси лъугӏичӏей, гӏаданлъи биларазул рагӏдукье ккечӏей, йихьарайго рекӏелъе йортун арай, гӏадатлъиялъул тӏагӏам черхалдаса лъугӏизе гьечӏей, гьурмада бакъ рещтӏарай, гьеб бакъул чӏораз унтаразул гӏумру каранде къалей — гьеле гьединайлъун йихьана дир беразда Заира Абакарова.\n— Дир яс, цин лъикӏай инсанлъун, цинги лъикӏай тохтурлъун йикӏа мун — гьеле гьеб букӏана дие инсуца гьабураб тӏоцебесеб малъи. Гьелъ дие гьабунщинаб кумек, гьелъ дун хвасар гьаюнщинай, — илан абуна Заираца.\nХӏакъикъаталдаги Заира йиго гӏажаибго хӏикматай тохтур.\n— Лъималазул больницаялдаса «Целителалде» ячӏиналде, дица лъугӏизабуна хирургиялъул рахъалъ интернатура. Дида лъалеб букӏиндал дица лъураб диагнозалда бараб жо унтаразул гӏемер букӏунеблъи. Гьеб буго гьезул къисматалъул суал. Гьединлъидал ургьимесалъул УЗИ гьабилалде, дида лъазе кколаан хирургияги, — йилан бицана Заираца.\nГьенибго дие бокьун буго бицине хӏикматай тохтуралъул хӏикматаб гъутухъалъулги. Гьелъул кабинеталъуе лъугьиндал, дида бихьана бокӏнида лъураб столги столалда тӏад кӏудияб гъутухъги. Сандукӏиланцин абизе бегьилаан гьелда. Дир пикру буссана гьелде. Лъалеб букӏинчӏо гьеб сундуе къваригӏунеб жояли ва щиб гьелда жаниб бугебали.\nАмма сандукӏалъ жинцаго рагьана дие жиндирго балъголъи — гьеб параялъ Заирахъе рачӏана гӏолохъанай эбелги гьитӏинай ясги. Гьей хех гьабун сандукӏалде аскӏое ана ва гьелда квалквадизе лъугьана — рагьана гьебги ва гьениса росана жиндиего рокьулел гьуинал нигӏматал. Цинги бичӏчӏана дида кинабго — гӏисинал унтарал аппараталдаса хӏинкъичӏого рукӏине, гьел реэдизе ва гӏодичӏого рукӏиналъе гӏоло Заираца ургъараб сихӏру букӏун буго гьеб. Гьей гьитӏинай ясги кӏиабилеб нухалда ячӏуней йикӏун йиго Заирахъе.\nГьеле Абусупян Абакаровас жиндирго ясалъе-тохтуралъе кьурал гӏумруялъул дарсазул хӏасил.\nЗаирал гӏумруялъул дарсал\nДидаса чанго соналъ гьитӏинай йигониги, Заираца дие кьуна гӏумруялъул дарсал.\nРеспубликаялъул лъималазул больницаялда хӏалтӏулеб заман гьелъ ракӏалде щвезабулелъул, дица гьелда гьикъана инсул цӏаралъ кумек гьабулеб букӏарабищилан цебеги гьабсагӏаталдагийилан. Гьей цин елъана, цинги бицана:\n— Больницаялда хӏалтӏулел гӏемерал соназ дица дирго инсул цӏар (отчество) бахчана, хъвалаан гӏадатго Заира-врачилан абун. Бокьун букӏана кинабго дирго махщалидалъун гьабизе. Гьесул яс йигилан чӏухӏдаризе дун лъугьун йикӏарайани, жакъа дир тохтур лъугьинароан. Кинабго дицаго, инсул кумекги гьечӏого — гьеле гьединаб букӏана дица дидаго цебе лъураб мурадги. Гьелдаго аскӏоб гӏолохъанлъиялъул гӏамал кӏодолъиги букӏун батиларищха. Абиларо дица инсул кумек щвечӏилан. Щвана. Гьес дида малъана тохтурлъиялъул балъголъаби, амма киданиги малъичӏо жиндирго цӏаралдаса пайда босизе. Инсуца дие зама-заманалдасан кьолаан гӏумруялъул дарсал. Гьел гьанжеги гьоркьоса къотӏуларо. Щибаб дарс — цӏияб гӏакълу. Гьанжеги дица хъвала Заира — узист, — илан бицана Заираца.\nИнсул хӏурматияб цӏаралда тӏад хӏур хъвазе течӏей, гьесул дарсазе мукӏурай, мугӏрузул законазе мутӏигӏай, хъахӏаб халгӏаталъул къадру цӏунизе бараб гьаялъе ритӏухъайлъун хутӏарай.\n— Гьедигӏан гьайбатай, тӏасабищараб хӏалтӏуе сардазул макьу кьолей, гӏумруялдаса рахӏат тӏалаб гьабуларей, къисматалъ кьуралда разияй унго-унгояй магӏарулай, махщел камилай тохтур Заира Абакаровалда сверухъ женжедулеб жахӏда букӏунарищилан абураб букӏана дица Заирае кьураб кӏиабилеб суал.\n— Жахӏда кибго камулеб батиларо. Амма дида ккола гьел дида сверухъ гьечӏилан. Ратаниги, дица гьездеги гӏайиб гьабуларо. Гьенибгицин дица хӏаракат бахъула гьел ритӏухъ гьаризе. Цо жо бичӏчӏизе ккола нилъеда — бигьаяб хъулухъ батиларо жахӏдачилъи. Дида ккола гьезие цӏакъго захӏмат букӏунеб батилилан, гьезул жахӏдаялъул къорикье ккараздасагицин. Гьезда гурхӏизе ккола нилъ. Ва гьелдаго цадахъ Тӏадегӏанасе реццги гьабизе ккола нилъго гьединал рижун ратичӏолъиялъухъ — гьале гьадинаб букӏана дир суалалъе Заираца кьураб жаваб.\nГьеле гьединай гӏадатияй, гӏаданлъи цӏикӏкӏарай магӏарулай, Чӏарада районалъул Мугурухъ росулъа Заира Абакаровалъулгун лъай-хъвай ккеялдаса йохана дун."}
{"slug": "9841-khialtiukh-abazul-zakhimat-kinazdago-bikhula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9841-khialtiukh-abazul-zakhimat-kinazdago-bikhula", "title": "Хӏалтӏухъабазул захӏмат киназдаго бихьула", "date": "2020-10-26 12:39:09", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нухазул магӏишаталъул хӏалтӏухъанасул къо (октябрь моцӏалъул лъабабилеб гӏодобкъо) Россиялда кӏодо гьабизе байбихьана 1996 соналдаса нахъе. Дагьал церегӏан къоязда Дагъистаналдаги кӏодо гьабуна\nгьеб байрам ва гьелда бан нижеца гара-чӏвари гьабуна Шамил районалъул «Шамильское ДЭП-43» АОялъул генералияв директор Амин Хӏажиевасулгун.\n— Амин, бокьилаан коллективалъул хӏакъалъулъ бицани…\n— Предприятиялда хӏалтӏулев вуго 90-гӏанасев хӏалтӏухъан. 25-яв ккола нухазул ремонтерлъун. Коллективалда вуго «ДРялъул мустахӏикъав бакӏал ралев» абураб цӏар щварав щуго чи, цояв мустахӏикълъана РФялъул Транспорталъул министерствоялъул Хӏурматияб грамотаялъе, кӏигояв ккола «Россиялъул Хӏурматияв дорожник».\nНухазда гӏунгутӏи яги квалквал бугони, сундухъго балагьичӏого, хӏалтӏухъаби гьел къачӏазе рахъуна. Нижеца хъулухъ гьабула Чӏалдаса бахъараб Лъаратӏа районалъул гӏорхъоде щвезегӏан хъил тӏураб 67 километр манзилалда бугеб нухлуе, росабалъе унел нухазе (187 километр) ва кьоязе.\n— Ахирал соназда щиб гьабун бажарараб?\n— Кӏиго километралъул манзилалда Гьолокьа Тӏелекье унеб нух къачӏана, хъил тӏуна ва гьениб бугеб басрияб кьо цӏи гьабун къачӏана. Къородесезул Кьодухъан унеб нухлул кӏиго километр къачӏана, Хӏебда-Гьидерил кьо участкаялъул кӏиго километрги къачӏан рагӏалде бахъинабуна. Нитӏаб ва Къваниб росабалъе унеб нухлул лъабгогун бащдаб километр, гьединго Могьохъ росулъе унеб нухлул лъабгогун бащдаб километр къачӏана. Щуго километралъул манзилалда цӏияб нух бахъана Занатӏа росулъе, цӏияб кьо лъуна ва лъабго километргун 700 метралъул манзилалда нух цӏидасан къачӏана Тӏасияб Колоб росулъе. Гӏурада-Тӏидиб-Накӏикь нухлул лъабгогун бащдаб километр къачӏана. Дагъбаш росулъе унеб нух бугеб лъарада тӏасан лъуна 15 метр халалъуда бугеб кьо. Тӏадран унел руго Чӏалда-Къорода шагьранухда гьарулел хӏалтӏаби. Гьелъул хӏасилалда нухде бачӏараб кинабго ганчӏил 35 азарго куб, хӏорил рагӏал щула гьабиялъе хӏалтӏизабуна. Хучада-Цӏекӏоб-Лъануб росабалъе унеб нухда щуго километралъул манзилалда кьуру кьвагьиялъул хӏалтӏаби гьаруна.\n— Хъил тӏолелъул гьелъул бицалъи кинаб букӏине кколеб?\n— Гьеб кинабго бихьизабун букӏуна проекталда. Аслияб куцалда, хъилил гъоркьияб гъаталъул бицалъи букӏуна анлъго, тӏасияб гъаталъул — щуго сантиметр. Амма гьел роценал, проекталда рекъон, щибаб нухалъе батӏи-батӏиял рукӏуна. Гьел хӏалтӏабазул хӏалбихьи гьабула лабораториязул ва Автодоралъул инженераз. Цӏех-рехги гьабун, нух къабул гьабичӏого, заказчиказ изну кьоларо хадусел хӏалтӏаби гьаризе.\n— «Безопасные и качественные дороги» ва «Мой Дагестан — мои дороги» абулел программаздасан нужее кумекго щванищ?\n— Гӏезегӏан щвана, масала, гъоркьиса кӏигогун бащдаб миллион гӏарацги харж гьабун, Хӏебда росдал аслияб нухде тӏуна хъил, гьединго, цогун бащдаб миллион гӏарацги харж гьабун, исана Басрияб Гьоориб росдал сиязде унеб туристазул маршруталъул нух къачӏана ва майдан гьабуна.\n— Исана районалъул нухал къачӏаялъе хӏукуматалъ кигӏанасеб гӏарац биччан букӏараб?\n— Районалъул нухазде биччана 60 миллион гъурущ. 40 миллион харж гьабуна Чӏалда-Къорода нух къачӏаялъе, 20 миллион — Хучада-Цӏекӏоб-Лъануб росабалъе унеб нух къачӏаялъе.\n— Шамил районалъул кинал росабалъ ругел бищунго хварал, ай машинаби хьвадиялъе хӏинкъи бугел нухал?\n— Мугӏрузул районазда гьоркьоб, нижер районалда руго бищунго лъикӏал нухал. Гӏатӏидал, квегӏенал, машинаби хьвадиялъе щибго хӏинкъи гьечӏел нухал чӏезарун руго районалъул киналго росабалъе. Бищунго рикӏкӏад бугеб Дагъбаш росулъе буго чӏедераб нух, ракӏалда буго гьеб гӏатӏид гьабизе.\n— Цо-цо районазул ДЭПазул нухмалъулезул гӏарз букӏуна жидер техника басралъун бугин, цӏияб босизе рес гьечӏин. Гьеб рахъалъ щиб хӏал бугеб?\n— Нижер буго гӏураб техника: 12 КамАЗ, кӏиго автогрейдер, кӏиго экскаватор, цо погрузчик, ункъо бульдозер, ункъо каток, цо хъил лъолеб машина…\nРеспубликаялда гӏемер буго хӏалтӏи гьечӏого хутӏараб нухазул техника, къваригӏани, нижеца гьеб ижараялъе босула.\n— Нухазул хӏалтӏуе квалквалал гьарулел кинал масъалаби дандчӏвалел?\n— Аслияб масъала ккола тӏадеялъул гьаризе ругел хӏалтӏаби нижеда лъангутӏи. Цебе, гьаризе ругел хӏалтӏабазул планал рахъулаан районалъул нухмалъулелги гӏахьаллъун. Тендеразда гӏахьаллъичӏони, жакъа нижеда лъаларо я гьаризе ругел хӏалтӏаби, я гьезул гьитӏинлъи-кӏодолъи. Хӏисаб гьабе, гьаб соналъ гьаризе кколел хӏалтӏабазул тендер лъазабула май-июль моцӏазда, республикаялъул бюджет къабул гьабула декабралда. Гӏажаибаб жо, январь-февраль моцӏал гӏоларищ нухазда гьаризе ругел хӏалтӏабазул объемазул хъвай-хъвагӏаял гьаризе ва тендер лъазабизе?! Дагъистаналда март моцӏалъго байбихьизе бегьула хӏалтӏаби гьаризе. Кӏиабизе, бигьаго гӏарац «тӏезабиялъул» мурадалда тендеразда гӏахьаллъула цо мугьру гурони жидер щибго чӏаголъи гьечӏел подрядчикал. Тендералда бергьиналъул мурадалда, гьез квалквал гьабула хӏалтӏул хӏалбихьиги, специалисталги, техникаги бугел предприятиязе хайир щолеб къагӏидаялда хӏалтӏизе. Цебего заман щун буго гьеб суал роцӏинабизе.\nДир хӏисабалда, нухазда гьаризе кколел хӏалтӏаби лъала районалъул ва росабазул администрациязда, ДЭПазул нухмалъулезда. Гьединлъидал, тендеразул квалквал гьабичӏого, гьел риччазе ккола нухал гьариялъул ва гьел къачӏаялъул масъалаби тӏуразе.\nА. Хӏажиевас лъугӏизабуна политехникияб институталъул «Автомобильные дороги» факультет. Хӏалтӏана Дагъавтодоралда. Гьезул хъизамго рикӏкӏуна нухазул специалисталлъун. Масала, кӏудияв эмен Хӏасан хӏалтӏулев вукӏана районалъул нухазул участкаялъул начальниклъун. 49 соналъ эменги хӏалтӏана гьебго хъулухъалда ва жакъаги хӏал тӏулев вуго кӏудияв специалистлъун."}
{"slug": "9842-barakatab-khialtiigi-khialalab-magiishatgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9842-barakatab-khialtiigi-khialalab-magiishatgi", "title": "Баракатаб хӏалтӏиги хӏалалаб магӏишатги", "date": "2020-10-26 12:45:18", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гъуниб районалъул Гӏобохъ росулъе щведал, ниж данд чӏвана «Урусов» КФХялъул нухмалъулев Гӏабдусамад Урусовгун. Гьеб магӏишаталда бугеб 40 бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьезда гьоркьоб 4 бечӏчӏулеб гӏакаги) тӏалаб гьабула Гӏабдусамадица, гьесул хъизаналъ ва 2 васас.\n— Гьабсагӏаталда хӏалтӏи захӏмат бугин абизе бегьиларо, — ян бицана Гӏ. Урусовас. – Эркенлъи буго бокьарабгӏан боцӏи хьихьизе. Гьебго заманалда захӏматаб масъалалъун лъугьун буго гӏезарурал нигӏматал ричиялъул суал. Масала, хӏан, нах бичиялъул къварилъи гьечӏо, гьан бичиялъул рахъалъ буго захӏмалъи.\n— Чӏегӏербоцӏуе хӏажатаб кӏалцӏи-хер кин хӏадурулеб, лъица тӏубалеб ветеринарияб хъулухъ?\n— Исаналъагӏан нижецаго хӏадурулаан харил хӏажатаб къадар. Сон ракъдалаб букӏиналъ, исана босизе ккана 300 танг къараб харилги (190-200 гъурущ цо тангихъ хӏисаб гьабун). Лъагӏалие нижее къваригӏуна отрубазул 300 хъап. Бацӏцӏадаб кӏалцӏул 10-20 хъап гурони босизе кколаро нижеца. Кинабго ветеринарияб хӏалтӏи тӏубала росулъ вугев ветеринарияв хӏалтӏухъанас\n— Магӏарухъ ругел шартӏазда рекъон, гӏи хьихьийищ яги чӏегӏербоцӏи хьихьийищ пайдаябги бигьаябги бугеб?\n— Боцӏи хьихьи бигьаяб буго. Гочинабун хьихьизе рес бугони (ихдал магӏарухъе хаслихъе гӏодоблъиялде), гӏи хьихьи гӏезегӏан лъикӏаб, гьабизе бегьулеб магӏишат буго. Амма цохӏо магӏарухъ гьеб хьихьизе ккани, кутакалда захӏмалъула, хасго хасало къо бихьула. Хайирияб рахъ босани, гьаб заманалда гӏиязул, хасго хухазул къимат буго, лъикӏаб багьа буго гӏиял гьаналги. Гьединлъидал гӏияхъанлъиялъул ва боцӏухъанлъиялъул пайда-хайир цого даражаялда бугин абила.\n— Кигӏанасеб рахь бечӏчӏулеб ва щиб гьелда гьабулеб?\n— Маялдаса бахъараб октябралде щвезегӏан, къойида жаниб, гьоркьохъеб хӏисабалда, бечӏчӏула 60 литр рахьдал (гьеб ккола 6 кило хӏанил). Кинабго рахьдал нижеца гьабула хӏан, нах ва аслияб куцалда гьеб бичула райцентралда.\n— Нужеца боцӏийищ бичулеб яги гьанищ?\n— Кӏиябго бичула. Чӏагояб боцӏи босизе рачӏуна даргиял. Багьа чӏезабула тӏаде балагьун, мисалалъе, лъагӏелгун бащдаб бараб баси бичула 35-40 азарго гъурщиде.\n— Советияб заманалда къиматалда букӏана чӏегӏербоцӏул къехь, тӏом…\n— Гьанже гьеб лъиениги къваригӏун гьечӏо. Гъоркьиса хъураб боцӏул тӏомал, гӏодоре рехизеги барахщун, гӏодор лъуралъурго руго. Цо нухалда Хьаргаби базаралдецин ун вукӏана, лъицаго росичӏо.\n— Пачалихъалъул гӏезегӏан руго фермеразе кумекалъе программаби. Дуе щванищ гьединаб кумек, киданиги лъугьине кканищ къарзазда хадув ва гьебго заманалда хисулеб бугищ пачалихъалъул идарабазул халгьабиязул, хӏисаб-суалазул къадар?\n— Чанго соналъ цебе щун букӏана грант, ай нахъ буссинабизе кколареб гӏарцул цо млн гъурущ. Гьел халгьабиязул бицун пайдаго гьечӏо, хасго доб грант щун хадуб бизар гьавуна. Гранталда, ракьул ва цогидал суалазда хурхун гьанибе щвечӏеб комиссияги, баккичӏеб идараги хутӏун батиларо. Аллагьасе рецц, гьаб ахираб заманалда лъалеб хӏалалда гӏодобе биччана гьезул букӏараб тӏадецуй. Гранталдаса хадуб бихьараб гӏела, бокьиларо цоги нухалда добго гвандиниве лъугьине. Гьединлъидал дун лъугьинчӏо къарзалда хадув, лъугьине ракӏалдаги гьечӏо.\n— Магӏишат гӏатӏид гьабизе ракӏалда бугищ?\n— Аллагьас квербакъани гӏатӏид гьабизе буго, хасго цӏикӏкӏун кӏвар кьезе буго рахьдаде.\n— Гьаб хӏалалда гӏуцӏараб магӏишат дур васаз хвезе телин абураб хӏинкъи бугищ?\n— Гьечӏо. Дицаго абулаан гьезда шагьаралда бигьалъиги бугин, айин гъоре абун. Амма гьез инкар гьабуна. Гьезие бокьун буго росулъ чӏезе, гьаб хӏалтӏи гьабизе.\nДир эменги гӏумруялъго вехьлъун вукӏана, дунги киданиги пашманлъичӏо гӏи-боцӏуда гьоркьов вукӏиналдаса. Цӏикӏкӏараб хайир гьечӏеб бугониги, баракатаб хӏалтӏи буго гӏи-боцӏи хьихьи."}
{"slug": "9844-gunar-tsiekhon-kh-irshchula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9844-gunar-tsiekhon-kh-irshchula", "title": "Гьунар цӏехон хъирщула", "date": "2020-10-26 13:25:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарул халкъалъул гьалбал хиралъи кьучӏдасанго щвараб буго «Хӏакъикъат» казияталъул редакциялъеги. Гьалбал къабул гьарулареб къоги бачӏунгеги нилъеде. Гъирагун жалго унеб гъасде цадахъ сайигъат-\nсаламги босизе бокьула магӏарул чиясе. Щиб-щибниги нигӏматгун раккула нижехъеги газеталъул гьудулзаби.\nХасалихълъиялъул байбихьуда, мокьрол таргьаги цӏун, къвалакь кампетазул гъутугъгун бакълъулазул мухъалъул кӏиго гьунарчи рещтӏана нижер рухӏияб хазиная-лъул отделалда.\nЦояв — Юнус Хӏажиев, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, Гумбет районалъул Халкъияб цӏар кьураб «Гумбета-лъул махщалилал» маданияталъул гьунарчагӏи цолъараб къокъаялъул нухмалъулев.\nХалкъияб театргун, кочӏохъаби ва кьурдухъабигун цадахъ гьев камуларо магӏарулазул гӏаммал тадбиразда. Гьелдаго цадахъ Юнусица 1972 соналдаса нахъе нухда бачунеб буго Инхо росдал КДЦялъул директорасул хъулухъги. Гӏемерал соназ росдал советалъул депутатлъи гьабурав, районалъул жамгӏиял ишазулъ гӏахьаллъулев Юнусил чӏаголъиялъул бицани, цеберагӏиги цӏакъго халалъила.\nКӏиабилев — Багьавудин Мухӏамадов, 1982 соналдаса нахъе Гьарадерихъ маданияталъул рукъалъул (КДЦялъул) директор, Афгъаналъул рагъ бихьарав, жиндаго лъалебщинаб гӏолилазе кьезе чӏаголъи бахъулев хӏаракатчи. Тӏамур гаргазабизеги гьунар буго Багьавудинил, цогидал музыкалиял алатал рачинеги махщел бугин баян гьабуна Юнусицаги.\nРухӏияб хазинаялъул отделалъул бокӏнилъ лъураб тӏамур халлъана Багьавудинида. Кодобе гьебги босун, пашманабго некӏсияб бакъанги бачана. Гьеб бакъаналъ асар гьабуниги, суалал кьун сурав босичӏого нижецаги нахъе риччалищха гӏумруялъго магӏарул маданияб ирс цӏунулезул мухъилъ ругел гӏолохъаби.\nХӏалтӏи-ишалъул бицун гьикъа-бакъарулаго, ракӏалде щвезабуна церегӏанго соназ Мелъелтӏе букӏараб дирго тӏоцебесеб сапар, доб мехалъ чӏунталиде ккун букӏараб культураялъул рукъ, гьединго бицана гьениб гӏуцӏараб культураялъулгун спорталъул гьайбатаб кӏалгӏаялъул, Юнусил коллектива-лъул хӏаракатчилъиялъул, республикаялъего загьираб гьезул хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n— Кинабго лъикӏ бугин нужеца беццаниги, божулароха, Юнус. Киналго рахъазда гӏадин культураялъул бутӏаялдаги чанги чучаб бичча-бихъай буго районазда. Рачӏа цониги масъала рагьизе. Росабалъ гьабулеб культураялъул хӏалтӏул даража кинаб бугеб?\n— Дагъистаналъул киналго му-хъазда гӏадин, нижехъги батилаха, — ян дир суалалъул мурадалдаса ворчӏизе хӏаракат бахъана гьес.\n— Дагъистаналдаго гьеб рахъ цебетӏун бугин абизе кӏоларо. Культураялъул махщелчагӏиянги абун, махщел-гьунаралъул махӏ жиделъ гьечӏел лотаби руго анцӏ-анцӏ соназ чӏалгӏаде харжги босун. Нужер мухъалда гьел киналго гьунар бугелищ ругел?\n— Лотабиян абизе бегьилищха, культураялъул хӏалтӏухъаби жамгӏиял хӏалтӏабазулъ гӏахьал-лъула, календаралда рекъон тӏо-ритӏулел тадбирал гӏуцӏиялъул хӏалтӏи гьабула. Кинавго чиясе гьунарги кьоларелъулха. Битӏараб бицани, нижехъги махщелчагӏазул рахъалъ гуч гьечӏо. Гьунар бугел цӏехон, ругелъуса хъирщун данде гьабун буго коллектив.\n— Нужеца гӏезегӏан хӏаракат бахъула, гьеб бихьула. Кин бугониги, гӏемерисеб бакӏалда гьунар бугел рагӏдукь хутӏула, хъулухъчагӏазул гӏага-божарал, бажариго гьечӏел хӏалтӏудаги лъола. Гьеб нилъее балъголъи гуроха, Юнус.\nГьарадерихъги магӏарулазда рагӏараб бакӏ буго. Мун гӏадал, хӏалтӏул хӏалбихьи щварал чагӏаз росулъ щиб-щибниги тадбир гьабичӏого толеб батиларо, Багьавудин?\n— Гьарадерихъ росу буго гӏезегӏанго умумузул гӏадат-гӏамал цӏунараб бакӏ. Дицаги хӏаракат ба-\nхъула хӏалтӏулъ гьеб хаслъиялде кӏвар кьезе. Ракӏалде щвезарула цересел гӏолохъабазул тирилъиялъул, къуват борциналъул хӏаял, гьел цӏигьарун тӏоритӏула тадбирал, къецал. Гьелъие цебеккунго бахъун букӏуна план. Спорталъул тадбирал тӏоритӏула школалъулгун, росдал нухмалъулезулгун дандбан, цадахъ. Телефоналде, интернеталде руссун течӏого, умумузул заманалъул рекӏелгъеял гьанжесеб гӏелалъе бокьизаби, гьезулъ ватӏан бокьи куцай — гьеб буго дир мурад.\nКвеш ккараб жо буго магӏарухъ гӏадамал дагьлъулел рукӏин, гьелдаго рекъон школазда лъимал дагьлъиларищха. Цоги, дир ракӏ унтулеб жо — магӏарул мацӏ бицунеб бакӏ къойидаса-къойиде дагьлъулеб букӏин. Магӏарухъ тӏоритӏулел гӏемерисел тадбирал гӏурус мацӏалда рачунел руго.\nНилъер заманалъ кьурди-хъаталдаса руссана гӏемерисел гӏадамал. Гьеб гьечӏин абун щибго хӏалтӏи гьабичӏого нижги тӏуралищха. Мисалалъе, мавлид ахӏичӏого цониги росу тӏубаларо. Гьел ахӏизе лъалел чагӏиги лъугӏун унел руго росабалъ. Дица гьелъие ругьун гьарулел руго гӏисинал васал. Лъикӏал назмаби ахӏизе цӏияб гӏел куцай — гьебги буго культурияб цебетӏей. Гӏемеразда гуро гьелъул кӏвар бичӏчӏулеб бугебги.\n— Юнус, мун вуго районалъул маданияталъул хӏуби гӏадав чи. Щиб бугеб гьаб гӏагараб заманалда гьабураб, гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏи?\n— Районалда гӏадатлъул билълъун буго маданияталъул хӏалтӏухъаби захӏматалъул фронталда рукӏарал руччабазухъе, рагъул заманалъул\nлъимерлъи бихьаразухъе щвей. Гьебги лъикӏаб мисал буго гӏолилазе. Нижер росабалъ жеги цӏунун руго гӏадатлъун рилълъарал, жамагӏатго цолъун гьарулел умумузулъанго ратарал байрамал. Гьезулъги кидаго бутӏа лъола нижеца. Кинабго гьабулебщинаб гьаниб бицун бахъинаро.\nСайгидсалим Жамалудинов ра-\nкӏалдещвеялъул тӏармида кечӏ ахӏиялъул тадбир гьабизе хӏисабалде босун буго Цӏаналълъ. Гьединго бокьун буго, дирго росдал клуб къачӏан, гьениб хӏалтӏи цебетӏезабизе. Клуб къачӏазе сурсатал щвезелъун, гьеб хасаб программаялда гьоркьобе\nккезабизеги хӏаракат бахъулеб буго.\n— Гӏемериселго районазда КДЦязул (культурно-досуговый центр) учредителал руго росдал администрациял. Гьедин ругониги, цо-цо бакӏазда жидеего данде ккараб хӏалалъ къотӏи-къайги хъван, районалъул нухмалъулез жидехъего босун буго ихтияр культураялъул гӏарац бикьа-къотӏизе. Гьелъие нух 31-абилеб федералияб законалъ кьолеб бугинги абулеб буго гьез. Нужехъ кин бугеб?\n— Нижерги гьеб къагӏида буго, — ян бицана Багьавудиница. – Юридикияб статус бугониги, гъирабазабиялъулал (стимулирующий) баллал рикьизе изну нижер букӏунаро. КДЦялъул нухмалъулезда гьикъичӏого, жидецаго гӏуцӏараб комиссиялъ тӏубала гьеб иш. Юристалцин хадур гъолареб закон буго гьаб.\n— Юристални хадур гъела, гьезие бокьани. Росабалъ культура цебетӏеялъе гьеб къагӏидаялъул пайдайищ яги заралищ бугеб?\nЖидер штатал къалел ругин гӏарзал рукӏуна цо-цо районазул. Нужер бугищ гьеб масъала?\n— Штатални жеги цӏикӏкӏун ратани гурони, дагьлъун ратиларо. Хӏалтӏухъаби гӏемерал ругин абун культура цебетӏеялъе хисулеб жо бугин абизе кӏоларо.\nГьабин абун хӏалтӏиго гьабуларев чияс, чанго сурат бахъун, лъабго мухъги хъван жамгӏиял гьиназда лъуни, тӏубалеб буго иш нилъер заманалда. Хӏалтӏи гьабунин гьединазе цӏарги реццги букӏинарищха.\n— Хадур лъугьун ритӏухълъи тӏалаб гьабуларо жидергоги камилаб хӏалтӏи гьечӏел чагӏаз. Гӏадамал данделъизе клуб, маданияталъул бокӏонго гьечӏел бакӏаздаги ратула культураялъулин абулел хӏалтӏухъаби. Мисалалъе, щай бегьулареб магӏарул классиказул, гьезул асаразул бицунеб тадбир росдае гӏуцӏизе. Гьебгицин гьабуларез щиб хайир кьелеб росдае, районалъе?\n— Битӏараб буго дур, къали кьабизе, тӏамур бачине лъачӏолъи гуребги, цо лъикӏаб тӏехь цӏалун, гьелъул магӏна босизе лъаларел чагӏи руго культураялъул хӏалтӏухъабиян.\nДир хӏисабалда, гьунар бугев, пикру гъваридав анцӏгояв лъикӏ лъикӏаб харжги кьун хӏалтӏуде восизе, нусилъа къадар арал, гьунарго гьечӏел хьихьиялдаса."}
{"slug": "9854-kassayalde-inchiogo-keze-begula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9854-kassayalde-inchiogo-keze-begula", "title": "Кассаялде инчӏого кьезе бегьула", "date": "2020-10-27 12:05:19", "categories": ["obshestvo"], "text": "Коронавирус тӏибитӏунгутӏиялъул мурадалда, «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъ газалдаса пайда босулел дагъистаниязда гьарулеб буго хӏалтӏизабураб газалъухъ гӏарац кьезе электронияб къагӏидаялдаса пайда босеян абун.\nГазалъухъ гӏарац кьезе бегьула рехсараб компаниялъул сайталда – www.mkala-mrg.ru – бугеб абонентасул «Личный кабинеталдасан». Руго смартфоназда хӏалтӏулел «Мой Газ» ва «Сбербанк-онлайн» абурал приложениялги. Гьелде тӏадеги, газалъухъ гӏарац кьезе бегьула банказул онлайн-сервисазул кумекалдалъунги. Мобильниял приложенияздаса газалъухъ гӏарац кьолеб мехалда тӏаса кколаро комиссиялъухъ мухьги.\n«Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъ лъазабулеб буго: газалъухъ гӏарац кьеялда бан нужер суал бугони, офисалде яги абонентазул централде рачӏин чарагьечӏеб иш гуро. Масъала тӏубазабизе бегьула компаниялъул Call-централдеги кӏалъан. Гьенибе ахӏизе бегьула гьаб номералдасан: 8-800-200-98-04. Суалазе жаваб кьезе буго газалдалъун хьезарулеб компаниялъул www.mkala-mrg.ru сайталда рехсарал территориалиял участкабазул ва абонентазул пунктазул номеразде кӏалъараб мехалдаги. Гьединал номерал хъван рукӏуна газалъухъ гӏарац кьун хадуб щвараб квитанциялдаги.\nГазалъул мухъазда авария ккун бугони, кӏалъай телефоналъул гьал номеразде: 04, 104 (мобильнияб телефоналдаса).\nРайоназдагун шагьаразда ругел абонентазул хъулухъалги территориалиял участкабиги хӏалтӏулел руго ругьунаб къагӏидаялда, коронавирусалъул инфекциялъукьа цӏуниялъул тӏалабазда рекъон. Кин бугониги, абонентазда гьарулеб буго рикӏкӏадасан, ай мобильниял приложенияздаса пайдаги босун, газалъухъ гӏарац кьеян абун. Гьедин гьабун кинго бажарулеб гьечӏони, гьаб info@dagrgk.ru электроннияб почалде кагъат битӏе яги 8-800-200-98-04 телефоналде кӏалъай.\n«Газпром межрегионгаз Махачкала»\nОООялъул пресс-хъулухъ\nБухьеналъе телефонал: (8722) 68-53-51, (932) 310-60-05\nФакс: (8722) 68-53-51\nЕ-mail: f0050130@dagrgk.ru\nhttp:// www.mkala-mrg.ru"}
{"slug": "9873-millatal-ul-chiukhii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9873-millatal-ul-chiukhii", "title": "Миллаталъул чӏухӏи", "date": "2020-10-29 13:35:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мухӏамад Танкаев – рагъул гӏахьалчи, генерал-полковник. Гьавуна Гӏурада росулъ (1919-1998). Кӏиго соналда жаниб лъугӏизабуна 4 класс. 1930 соналда ана Буйнакскиялде, рабфакалда цӏализе. Цӏалана Гъунив — колхозазул гӏолилазул школалда. Дагьаб заманалъ гӏагараб росдал школалда хӏалтӏана учительлъун.\n1939 соналда, Кӏиабилеб дунялалъул рагъ байбихьидал, Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталда лъабабилеб курсалда цӏалулев вукӏарав Мухӏамад Краснодаралъул пехотаялъул училищеялде цӏализе лъугьана ва гьеб лъугӏизабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьизе щуго къо хутӏараб заманалда.\nРагъул соназда М. Танкаевас нухмалъи гьабулеб букӏана взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Гьесул рагъухъабаз гӏахьаллъи гьабуна бищунго захӏматал рагъазулъ. Гьес нухмалъи гьабулеб полк, рагъулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло, мустахӏикълъана Александр Невскиясул орденалъе.\nБергьенлъиялъул къоялъ гьев вукӏана Прагаялда. Мухӏамадил полк гьоркьобе унеб 100-абилеб дивизиялъ Воронежалдаса Прагаялде щвезегӏан нахъа тана 1700 км рагъулаб нухлул ва эркен гьабуна 1500 шагьаргун росу.\nРагъ лъугӏулеб мехалда М. Танкаев вукӏана подполковникасул чиналда. Рагъда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьесие кьуна «Багӏараб Байрахъалъул» лъабго орден ва Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орденги.\nУлкаго чӏухӏарав багьадур\nХӏурматияв Гӏарипов Хӏажилгун бицен ккедал, рагӏи кьун букӏана Танкаев Мухӏамад ракӏалде щун кӏалъай гьабизе. Гьеб кидаго дица рикӏкӏунаан дирго бацӏцӏадаб налъилъун. Амма щибаб нухалда нахъаса-нахъе тӏамун хутӏулаан.\nЧан нухалъха дун гьеб ниятгун рещтӏарав дирго ругьунаб столалда нахъа ва кигӏан халатал сагӏтал сокӏкӏарал гӏицӏаб кагътиде тӏадеги къулун къалам кӏвекӏулев! Унго, бигьа гьечӏеб куц щущарал дирго пикраби данде ракӏаризе ва дирго гӏазизав гьудул-гьалмагъасул гьайбатаб сипаталъеги тӏадегӏанаб цӏаралъеги мустахӏикъаб даражаялда калам гьабизе.\nМухӏамадил хӏакъалъулъ дица цереккунги хъван рукӏана цо-цо мухъал ва цо-цо тӏанчал. Амма чанцӏулго тӏатӏала вуссун хӏисаб гьабуниги, щибаб нухалъ бищунго цебе ракӏалде бачӏуна Мухӏамадилгун ккараб тӏоцебесеб дандчӏвай. Гьаб жакъаги дида цере руго дол кӏочонарел лахӏзатал.\nДоб букӏана 1958 соналда, Москваялда. Хинаб роол къо. Багӏараб майдан. «Гум» абун улкаялдаго машгьураб бичулеб къайидулги гьеб босулел гӏадамазулги бугӏун цӏураб тукабазул кӏалгӏа. Тӏоцебесеб тӏалаялъул ракьанда гьабсагӏатги буго доб ххамил тукен. Тахшагьаралде щванщинахъе алхинчӏого ваккулаан дун гьениве, дирго эбелалъе гьей разияй ретӏел-кун босизе. Гьаб нухалдаги гьениве щварав дир гӏинда рагӏана цо нилъерго тайпаялъул хӏеренаб кӏалъаялъул сас. Хал гьабидал, аскӏорго гӏадин руго тӏара-ахаде щун нилъерго гьидерил макъамалда хъахӏаб кӏазалъ яхчарай бахьинаб гьумералъул, беричаб лагаялъул сонал арай магӏарулайги, гьимун бадивеги валагьун гьелъул-гун хӏалимаб накъиталда эхетарав, борхатаб ва чергесаб лагаялъул гӏолохъанав генералги. Гьезухъ балагьун хӏайранлъарал гӏадамал чанги рукӏана, амма дир хӏикмалъиялъул бицинегойишха ккелеб. Аскӏовеги вилълъун, дица салам-калам гьабидал, гьел кӏиязулгоги тамашалъи расги къураб букӏинчӏо. Гьеле гьедин гӏажаибго ккана нижер лъай-хъвай. Дунго гӏадин Мухӏамадги вукӏун вуго рикӏкӏадаб Дагъистаналдаса тӏадмагӏарулазул Гӏурадаса Москваялде жиндирго вас вихьизе сапар бухьарай эбелалъе сайгъат-салам босизе вачӏарав чи.\nУзухъда, дида рагӏараб жо букӏинчӏо нилъер заманалда магӏарулазда гьоркьоса вахъарав генераласул бицен. Цӏехараб мехалъ хӏатта Дагъистаналдаги ватичӏо дида гьеб лъалев чи. Гьеб букӏана дие ракӏалда гьечӏого щвараб рохел ва чӏухӏи. Чӏухӏиларевги кинха: цо рахъалъ – нилъерго дагъистанияв, цоги рахъалъ – нилъерго магӏарулав, гьелде тӏадеги гьададигӏан сипат бугев, рагӏи гьуинав, рекӏелъ восулев, гӏолохъанав, Советияб Армиялъул Генералияб штабалъул академиялда цӏалулев, цӏар рагӏараб дивизиялъул лебалав командирасулгун божилъиги гьудуллъиги ккараб мехалъ. Хӏисаб гьабе цо – ниж кӏиязулго лъай-хъварай ккараб мехалъ Мухӏамад вукӏана жеги кӏикъойиде вахинчӏев чи. Цохӏо гьелдалъун бичӏчӏулаан нилъеда, живго чӏухӏи гьечӏев, гӏадатияв чи вукӏаниги, Мухӏамад гӏадатияб гуреб гьунаралъулги, гӏакълуялъулги, къадруялъулги бетӏергьан вукӏин.\nМухӏамадицаги дицаги цоцахъе кьуна адресалги телефоналги. Гьел рукӏинчӏо цоцазде нух бахъизе захӏматал адресал. Ниж рукӏана цо шагьаралъул чагӏи – тахшагьара-лъул «цӏалдохъаби»: Мухӏамад — Генштабалъул, дун ЦКялъул «вепешаялъул». Дир рекӏелъ цо къватӏибе бицунареб чӏухӏи букӏунаан тӏоцеве нилъерго цӏар рагӏарав генераласулгун божи-рокьи ккарав чи дунго вукӏиналдаса. Мухӏамадил гьудул абун рехсолеб цо къадругицин букӏана дир гьалмагъзабазда гьоркьоб. Дидасан лъана Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги гӏемерал дагъистаниязда Мухӏамадги, гьесул хӏакъикъатги. Гьел рохун рукӏунаан дида цадахъ Мухӏамадихъе ине, гьевгун цадахъ рукӏине щвараб ресалдаса.\nМухӏамад вукӏана кутакалда жиндирго Дагъистаналде ракӏги бугев, гьаниве щвезе гӏищкъуги бергьарав инсан. Гьелдаго цадахъ къанагӏат гурони рес щолароан гьесие гьададигӏан жиндие хирияб ватӏаналде ваккизе. Цӏакъго чӏахӏиял ва бакӏал рукӏана досул гъуждуз раччарал гьирал: нилъеда кидаго гуро ричӏчӏулел рукӏарал улкаялда бищунго тӏадегӏанаб даражаялъул аскариял хъулухъазул хӏалуцинги тӏубан жинда жаваб кьезе кколел вазипабазул бакӏлъиги, гьеб киналдаго хурхарал махӏрумлъаби. Амма нилъеда бичӏчӏулаан, нилъерго генерал нилъерго ракӏалде гӏагар гьавизе, гьев Дагъистаналда щулаго вухьинавизе, гьанжеги нилъерго халкъалда гьев лъазавизеги заман щун букӏин. Ва бихьулаан живго Мухӏамадилги гьединаб мурад букӏин. Мухӏамадиеялдасаги гьеб цӏикӏкӏун хӏажат букӏана нилъеего. Мухӏамад, нилъеда лъала, вукӏана жиндирго нух жинцаго бищарав, жиндирго барти жинцаго квегъарав, жиндирго масъала чияде ккечӏого, жинцаго борхарав ва гьаб жакъасеб тӏадегӏанаб даражаялде жиндирго хӏатӏаз вачарав щулияв, лебалав, гӏакъилав багьадур. Амма жакъа тӏаде щун букӏана Дагъистаналъе жиндир Танкаевги ва Танкаевасе жиндирго Дагъистанги къваригӏараб заман. Жиндир бищун цӏакъал васазе мугъ рехулеб Ватӏанги букӏунареб, цӏар тӏокӏаб Ватӏаналде ракӏ гъоларел лъималги рукӏунарел!\nЦо нухалда Махӏачхъалаялде щварав дирги гьалмагъзабазулги бицен ккана нилъерго генераласул суалалда тӏасан. Ракӏ лъикӏав, аваданав, сахаватав магӏарулав вукӏана мунагьал рахчаяв Бакьагьечӏиса Къадиев Зиявудин, дол соназда обкомалъул орготделалда замлъун жив хӏалтӏулев. Доб букӏана республикаялъул Верховный Советалде рищиязде хӏадурлъизе лъугьараб, гьенире кандидатал тӏаса рищулеб заман. Зиявудин вукӏана гьеб ишалда жанив гӏурав, бугеб ахӏвал-хӏалги лъалев, кӏудияб хӏалбихьиги бугев саламатав, божарав чи. «Щай бегьулареб нилъерго Верховный Советалде нилъерго цо вугев генерал вищизеян» бадиве валагьидал, жиндирго ругьунаб гьимигун «гьесдаса лъикӏал депутатал киса нилъеда ратилел!» абун кьабгӏун квер бачана дир гьес. Гьебго къоялъ хӏалчӏахъаяв Къадиевас, Даниялов Гӏабдурахӏманида дандги бан, суал тӏубазабуна. Нахъа-нахъаги Гӏабдурахӏманица дие рецц-бакъ гьабулаан, лъикӏаб хӏалтӏи ракӏалде щвезабунин жидедаян.\nГьелдаса нахъе рес щвана Танкаевасе щибаб соналъ жиндирго гӏазизаб Дагъистаналде вачӏинеги, хӏасратаб гьидерил улкаялда гьоболлъи базеги, некӏсиялги цӏиялги гьудул-гьалмагъзабигун заманаби тӏамизеги. Дида кӏочонаро Мухӏамад гьелдаса рази вукӏараб куц. Даим дие баркалаялда вукӏунаан. Дида кӏолеб букӏарабани дунго вахъинавилаан дица депутатлъунилан махсараялда нахъе чӏвалаан дица генераласул рагӏи.\nГьайгьай, дирги Мухӏамадилги букӏана хасаб гьудуллъи. Махӏачхъалаялде щун, дир рокъове ваккичӏого гьев нагагьги хутӏулароан. Хӏатта сардал ранги вукӏунаан. Дир гӏисинал лъималазул букӏараб рохелалъул бицинегойищха ккелеб.\nГенераласул формаялъул пиджак тӏад ретӏине щванани ва гьесул таманчаялъ ишан босизе ихтиярги кьунани – тӏокӏабги щибха гьезие къваригӏараб. Танкаев вачӏун вугилан, авал-рохеналдаго букӏунаан цо чӏаголъи, тухум-кьибил бакӏарулаан, гьудул-гьалмагълъи рещтӏунаан. Гьидалъа, Гӏурадаса рачӏунаан Мухӏамадил гӏагарлъи.\nУнго-унгоги букӏараб цӏакъаб, берцинаб заман!\nДирги Мухӏамадилги божилъиги гьудуллъиги, тӏадехун бицахъе, букӏана Москваялда бижараб ва щулалъараб. Гьудуллъи лъугьана ниж кӏиязулго гьалмагъзабазда гьоркьобги. Гьеб букӏана бихьиназул гьудуллъи: Мухӏамад Москваялда вукӏана живго, хъизанги лъималги цинги нахъа рачана гьес Кривой Рогалдаса жиндаго аскӏоре. Нижги рукӏинарищха жалго-жалго бихьинал. Гьеб магӏнаялда ниж рукӏана «холостякал». Гьединлъидал гӏемер кколаан цоцада цадахъ. Байрамал баркулаан цадахъ. Театразде унаан цадахъ. Цоцаде тӏаде-гъоркье хьвади букӏана ризго. Нижер «вепешеялде» Танкаевги гьесул гьалмагъзабиги рачӏараб мехалъ цадахъ цӏалулел нижер гьалмагъзаби рукӏунаан генералзабазул къокъаялъухъ балагьун хӏайранлъун. Нижер рекӏел букӏараб берцинаб макъам бичӏчӏизе захӏматаб иш гуро.\nДида лъалаан Мухӏамадил 40 сон сверулеб букӏин. Вепешеялда нижер хӏукму ккана, щибниги гьасдаги абичӏого, генераласул къоялде хӏадурлъизе. Цо-кӏиго къо хутӏараб мехалъ нижеца Мухӏамадида лъазабуна. Нижеда гьоркьоб нижедаго гурони лъалареб цо рехсезе кколеб лъугьа-бахъин бугин, мунгун цадахъ гьабичӏого гӏолареб ва дурго божарал гьалмагъзабиги гӏахьаллъизе кколеб. «Руччаби-чагӏи ратани, гьелги бегьилилан» — махсара-хочӏги гьабуна. Палхӏасил, цӏараб гӏужда Мухӏамадги вачӏана, цадахъ кидагосев гьесул гьудул, рагъул заманалдаса нахъего аскӏоса жив ватӏалъичӏев, аваданав, кӏудияб кеп-хочӏалъул ва квен-тӏехалъул магӏна лъалев генерал Антиповгун. Къокъвиццатав Антиповги, чӏурканав, логода ворхатав Танкаевги: гӏадамазе кеп щолаан гьезухъ балагьун, жидецагоги цо-цо махсароде рагӏаби рехулаан жидедаго тӏасан.\nГьоболлъиялъе, ВПШялъул хӏа-кимзабазул изнуялдалъун къачӏан букӏана, гьитӏинабго букӏаниги, цо рекъараб, гӏураб гӏатӏилъиялъул берцинаб рукъ. Вакӏарун вукӏана 20-гӏанасев чи – нилъералгоги ва цогидал божа-рокьаралги. Столалда камураб тӏагӏам букӏинчӏилан бицунаан гьелдаса сонал ун хадубги Мухӏамадица. Дагъистаналдаса бачӏинабун букӏана батӏи-батӏияб сорталъул ччугӏа. Икраги бакъвараб гьанги, горал-горал гьарун цере рехарал ракъварал бакьалги. Рухӏилаго хӏохьлад росарал хинкӏазул цӏурал гъадрулги: хинкӏал рукӏана батӏи-батӏияб тайпаялъул, миллат рикӏкӏун цӏар лъурал, цӏуралги цӏечӏелги, тӏереналги риццаталги. Цӏигьан букӏана белъарабги бежарабги, пихъ-мичӏги, гьакълил шушбиги – кинабго букӏана нилъерго Дагъистаналдаса бачӏинабураб.\nРехсечӏого гӏоларо – гьеб кинабго бажаризеги берцинлъизеги гьабурал, тӏолабго гьеб тӏотӏол свериялда нур гьабурал чагӏи рукӏана кӏиго дагъистанияй – нижгун цадахъ «Вепешеялда» цӏалулел рукӏарал Дадашева Бурлиятги Керимоваги. Дагъистаналда гьел лъикӏ лъалаан: цояй йикӏана Минпрослъун, цогияй йикӏана Минсоцобеспечениялда.\nБокьилароан гьел рехсарал сипатал жидеего рецц-бакъ гьабун рицунел рагӏабилъун гӏадамазда рихьизе. Бокьун цохӏого цо жо – Танкаев Мамадидехун нилъерго букӏараб ва абадиялъего нилъер хутӏараб гӏаданлъиги, хӏурматги, рокьиги загьир гьабилъун ва гьелдаго цадахъ гьеб къоялъ, Мухӏамадил, гьеб данделъиялда гьесулги гьесул рагъулав гьудуласулги букӏараб рохелги разилъиги ракӏалде, цо гӏуж-куцалъениги гьелъул бицен гьабилъун гьеб бичӏчӏизе. Генераласда нижер щивас баркана гьев гьавураб баракатаб къо, гьесул кӏикъоябго сон баялъул рохел загьир гьабун, абуна рекӏелъан рачӏарал ва рекӏелъе рортулел хӏасратал рагӏаби, гьарана гьесие щулияб сахлъиги, аваданаб гӏумруги, лъугӏи гьечӏел бергьенлъабиги. Гьанже гӏадин чӏахӏиял ва къиматал сайгъатал кьолеб гӏадат доб заманалъ букӏинчӏониги, гӏиси-бикъинабги сайгъат-салам камун течӏо доб къоялъ нилъерго тӏадегӏанав генералги гьесул ракӏбацӏцӏадав гьудулги.\nДандчӏванщинахъе ракӏалде щвезарулаан мунагьал чурадица доб къо: додинаб аваданаб, разияб, берцинаб данделъи нагагьги бихьичӏилан абулаан ракӏбохадица. Дуе хӏалалаб букӏанилан нижецаги абулаан…\nДирги Мухӏамадилги тӏоцебе лъай ккаралдаса ана 40 сон. Гьале сверана 80 лъагӏел. Нижер букӏана берцинаб, лъикӏаб, щулияб, «бихьинаб» гьудуллъи. Дир рекӏелъги гӏадалъги свин гьечӏеб канлъи кьуна гьев Мухӏамадица дие. Гьеб гьудуллъиялъул нухазда нижеда дандчӏвана ва цадахъ ккана гӏемерал гӏадатиялги машгьуралги гӏадамал. Мухӏамад вукӏана гьезие киназего гӏажаибго хирияв, ракӏалъ восулев, мукӏурав, гьез кутакалда кӏодо гьавулев ва гьединаб хӏурматалъеги хъатиралъе-ги мустахӏикъав инсан. Кавказ ва улка жиндаса чӏухӏарав бахӏарчи. 20 гӏасруялда вахъинчӏо Дагъистаналда Танкаевасул даражаялда рагъулаб мазгьабалда ва аскариял гӏелмабазда жанив хӏалкӏварав инсан. Гьеб киналъулго хӏисабги гьабун, тӏубан магӏнаги бичӏчӏун, мустахӏикъаб къиматги кьун гъваридал тӏахьал хъван бажарулеб заман жеги бачӏине буго ва хъвазе хӏалкӏолел гӏадамалги жеги рукӏине руго. Жакъа нилъеда мухӏканго лъачӏого гӏоларо ва кӏочон тезе ихтиярги гьечӏеб жо ккола Танкаев Мухӏамад вукӏин Дагъистаналъул тарихалда бищунго гучал, бажарарал, лебалал церехъабазулги багьадурзабазулги чӏухӏараб ччотӏролъ хиси гьечӏеб, мустӏахъикъаб цо жинца хасаб бакӏ ккурав, амма жеги гьеб киналъего мустахӏикъаб къимат кьун нилъедаса бажаричӏев, бищунго тӏадегӏанаб даражаялъул инсан!\nМухӏамад Танкаев ракӏалде щун хъвазе жо дир гӏемер бугоан. Рукӏана кӏочонарел лъугьа-бахъинал, хутӏана цоцаде хъварал кагътал, руго чӏагоял пикраби.\nГӏемерал асарал тана гьес нахъе. Абун гьечӏищ: ракьулъ вукъунилан инсан холаро, халкъалда нур барал асарал тедал. Мухӏамадил гьеб рухӏияб ирс чӏаго гьаби, тӏатӏала руссун цӏи гьаби ккола нилъер бацӏцӏадаб налъи.\nХӏажи Хӏамзатов,\n1999 сон"}
{"slug": "9911-kemzal-ul-bergenl-abi-va-bal-gol-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9911-kemzal-ul-bergenl-abi-va-bal-gol-abi", "title": "КЭМЗалъул бергьенлъаби ва балъголъаби", "date": "2020-11-04 07:36:23", "categories": ["insan"], "text": "Лъим бухӏизабулел алатаздаса байбихьун самолетазде щвезегӏан\n23 октябралда «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз сапар бухьун букӏана Гъизляралъул электромеханикияб (КЭМЗ) заводалде.\n1984 соналдаса нахъе гьелъул генералияв директорлъун хӏалтӏулев вугев Шамил районалъул Мачӏадаса Ахӏматӏов Ибрагьимихъе, гьес нухмалъи гьабулеб заводалде щвезе ва гьенир хӏалтӏулел гӏадамазулгун лъай-хъвай гьаби букӏана нижер мурадги.\nГӏемераб бицунеб рагӏаниги, жеги гьениве щварав чи вукӏинчӏо дун. Улкаялъул промышленносталъе ва рагъулаб техникаялъе чара гьечӏого хӏажатал алатазде щвезегӏан гьениб гьабулареб къайи гьечӏин бицунеб рагӏулаан. Дицагойин абуни, Гъизляралъул заводалда хӏадур гьабураб цо алат хӏалтӏизабун батила гӏумруялда жаниб. Гьебги ккола лъим бухӏизабиялъе хӏалтӏизабулеб алат (кипятильник). Гьелъул кӏудияб квегӏенлъиги букӏунаан хасго цебе магӏарухъ. Чанго нухалда токалдаса бахъизе кӏочонги тун гьеб бухӏидал, эбелги ягъулаан. Доб мехалъ кколаан цо гуреб, квер бегьараб мехалъ ратизе, ящик цӏун ругеланищин гьелилан абун. Гьанже рихьана, ящик цӏун гурел, заводалъул тӏубараб цехго цӏурал.\nАмма цин Ибрагьим Ахӏматӏовасулгун дандчӏваялъул бицинин.\nЗаводалъул бечелъи, гӏолохъанал махщелчагӏи ва КЭМЗалъул эксклюзив\nГьурмада гьимиялъул асаргун заводалъул азбаралде нижеда дандчӏвай гьабизе вачӏана Ибрагьим. Хъваш-башги гьабун, жиндирго машинаялдаги рекӏинарун, заводалъул цехал рихьизаризе рачана.\nТӏоцере ниж щвараб цехалда хӏалтӏуде машгъуллъун ругоан руччаби. Цо бакӏалда гъуни гьабун ругоан тӏадехун бицен гьабурал, лъим бухӏизабулел кипятильникал. Жеги гӏемер ругоан жеги рихьунго рукӏинчӏел тайпаялъул алаталги. Хӏалтӏухъабазе рорчӏамиги кьун, гьениб киса-кибего бер щвезабуна. Анцӏго батӏиял станокал, машинаби, компьютералъулаб система жаниб рекъезабурал кабинаби. Азарго батӏияб тӏагӏел.\nГьениб бихьанщиналъул хӏисаб гьабизе ниж регӏилалде, цогидаб цехалде рачана Ахӏматӏовас. Нусгогӏанасев чи гьенивги вукӏун ватила хӏалтӏилев. Амма гьоркьохъеб ригьалъул цониги чи гьезда гьоркьов гьечӏоан. Киналго рукӏана гӏолохъаби.\nГьаб бугин хас гьабун жеги лъеберилъе рахинчӏел гӏолохъанал махщелчагӏаздаса данде гьарурал хӏалтӏухъаби жанир хӏалтӏулеб цехин бицана Ибрагьимица. Гьез гьениб хӏадурулеб буго рагъулал самолетазе хӏажатаб къайи-цӏа.\nБицунеб жо гьоркьоса къотӏизе течӏого, кодобеги босун нижеда бихьизабуна цо квергӏанасеб алат. Самолеталдасан бомбаби рехулелъул, чара гьечӏого хӏажалъулеб алат кколин гьебин бичӏчӏизабуна заводалъул директорас. Жеги мухӏканго гьелъул хӏакъалъулъ бицине аскӏове ахӏана цо гӏолохъанчиги. Кинаб къагӏидаялъ гьеб алат хӏалтӏулебали, гьелъ тӏубазабулеб масъалаялъул рагӏа-ракьанде щвараб баян кьуна гьес. Цохӏо жидер заводалда гурони гьединал, тӏадегӏанаб кӏваралъул алатал хӏадуруларин чӏухӏигун тӏаде жубана Ибрагьимицаги.\nХадур щвана махх биунеб заводалде. Цо кӏудияб къотӏелалда жаниб лъим гӏадин речӏчӏулеб лъамалъи бихьизабуна Ибрагьимица. Къокъго бицани, гьениб биунеб буго махх. Хадуб гьеб унеб буго цогидаб къотӏелалъубе, гьелъул гьарулел руго алатал.\nИбрагьим Ахӏматӏовас гьениб бихьизабуна махх борлъулеб рочоххералда (сверло) релълъараб цо алатги. Чамалиго сантиметр биццалъи бугебги махх борлъун бажарулин гьелъухъайин бицана гьес. Гьебги кколеб буго цохӏо КЭМЗалда гурони хӏадур гьабулареб эксклюзивияб алат. Гьелда релълъарал жал чанги рихьизаруна нижеда гьеб къоялъ.\nГьебго цехалда бихьизабуна кӏудияб маххул листалдаса кескал гьарун алатал къотӏулеб машинаги. Лъицаниги квер хъвазе ккечӏого, компьютералъул кумекалдалъун хӏалтӏулеб гьеб машинаялъ, сурат бахъулеб кинигин, чанго бакӏалдаса лазералъ хӏуччалги цӏан, къотӏулел руго алатал.\nГьенисан щвана цогидаб цехалдеги. Гьенибги анцӏго батӏияб станокги, компьютералъул кумекалдалъун хӏалтӏулел машинабиги, хӏалтӏуде машгъуллъарал гӏадамалги. Бералдаги рихьичӏел, бицунелги рагӏичӏел алаталги. Гьитӏинал, кӏудиял, гургинал, ункъбокӏонал, чанго кьер батӏиял.\nГьаб кинабалиго рагъулаб машинаялъе чара гьечӏого къваригӏунеб сурсат бугилан бихьизабуна Ибрагьимица.\nИргадулаб цехалде щваралго цо станокалда нахъа йигей, гьоркьохъеб ригьалъул гӏаданалда аскӏове ана Ибрагьим. Жидер заводалъул цеетӏурай хӏалтӏухъан йигинги абун, лъай-хъвай гьабизеги тӏамуна. Гьей ятана Болъихъ районалъул Ансалтӏаса. Гьелъги бицана жийго заводаде хӏалтӏизе ячӏараб куцалъул ва гьелдаса разияй йикӏиналъул.\nСамолеталъул фюзеляж,\nкьоял ва аэропланал\nХадусеб нижер сапар букӏана рагъулал самолетазе хӏажатаб сурсат хӏадурулеб цехалде.\nБакъуда данде кенчӏоледухъ цӏвак-цӏвакизабун хӏадур гьабураб, цо халатккараб жоялде аскӏоре рачана заводалъул нухмалъулес. Гьеб рагъулаб самолеталъул фюзеляж кколин бичӏчӏизабуна Ибрагьимица. Магӏарул мацӏалде буссинабуни, гьеб буго самолеталъул кваркьиги, кваркьидул жанисеб рахъги, гьелъул гьакалги цоцалъ хурхинаризе, гьел лъабаздаго гьоркьоб букӏунеб жо. Гьелъул сурат бахъизе биччачӏо, щаялиги бичӏчӏун батила нужеда. Гьединал фюзеляжазул цо анцӏгониги жо бугоан гьенир кьерухъе лъун. Цӏакъ тӏадчӏун, гӏемераб заманги хвезабун хӏадурулин гьелин бицана Ибрагьимица.\nГьенисан рилълъана заводалъул 83-абилеб цехалде. Рикӏкӏадего рагӏулеб дваргъи-гӏанхъи бугоан гьенибги. Цо чанго чияс тӏаделъун бухулеб бугоан кӏудияб ва бакӏаб маххул къотӏел. Гьеб цехалда гьарулел ратана кьоял. Кӏудиял гурел, гӏисинал кьоял.\nИсана байбихьанин жидеца гьел гьаризеян бицана цехалъул начальник Ахӏмад Магӏазовас.\n— Оборонаялъул министерствоялъул заказалда рекъон, лъабго кьо хӏадурулеб буго гьабсагӏаталда. Гьелдаса цебе нижеца гьабун букӏана гӏоразда, лъаразда тӏасан заманаялъ лъолеб кьоги. Мисалалъе, кибниги кьодуе жагъаллъи ккун бугони, гьеб къачӏалебгӏан заманалда хӏалтӏизабизе бегьулеб кьо ккола гьеб. Аслияб кьо къачӏан лъугӏидал, бакӏарун нахъеги босизе бегьула гьеб, — илан бицана Ахӏмадица.\nГьедин хӏадур гьабураб кьо лъун бугоан киназдаго бихьулеб бакӏалдаги. Гьебги нижеда бихьана КЭМЗалда хӏадур гьарурал самолетазухъ балагьизе унаго.\nХӏатталдаса араб гӏатӏилъиялъул цехалда жаниб батана хъахӏилаб кьералъул самолет. Хал-шал гьабидал, цебе магӏарухъе-нахъе боржунеб букӏараб, «Кукурузник» абун цӏар щвараб, АН-2 самолёт. Гьениса къватӏире лъугьиндал, рагьараб зодикь эхетун букӏана жеги кӏигоги.\nАмма нижер аслияб кӏвар буссинабуна заводалъ хӏадур гьабураб, МАИ-411 тайпаялъул гьитӏинабго самолеталде. Ункъо чи рекӏине бегьула гьелда жанив.\nРедакциялъул хӏалтӏухъабазул киназулго бер бухьанин абизе бегьула КЭМЗалъул аэропланалъ. Гьелда сверухъ чӏун суратал рахъана, жанир рекӏана. Бачине рес букӏарабани, гьебсагӏатго магӏарухъе роржинеги лъилниги инкар букӏинчӏо. Гьениб лъай-хъвай ккана летчик Муслимилгунги.\n1974 соналъ гьабунин жинца тӏоцебесеб рорженин бицана гьес. МАИ-411 самолеталда рекӏун лъабго соналъ цеве Москваялдеги воржун вуго гьев. Гьанже магӏарухъеги роржен гьабизе ракӏалда бугоан гьесда.\n— Шамил районалъул Мачӏада, ралъдал гьумералдаса 2200 метр борхалъуда бугеб магӏарда, нижеца хасаб майдан хӏадур гьабун буго самолет рещтӏине. Хӏажалъи яги гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалде ккани, ралъдада тӏадги рещтӏине бажарула гьелъухъа. Аслияб къагӏидаялъ гьеб буго туристал рекӏине, ишалъулал сапарал гьаризе цӏакъ квегӏенаб самолет, — илан бицана летчикас.\nРамазан Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъун вугеб мехалдаго бицен букӏана советияб заманалдаго гӏадин магӏарухъе гьарулел рорженал цӏи гьаризе ругин. Дур хӏисабалда, щай гьеб суал рагӏалде бахъунарого бугебилан гьикъана нижеца Муслимида.\n— Рорженал гьари буго цӏакъ дотациял хӏажатаб бакӏ. Советияб заманалда гьелъие гӏарац биччалаан, гьанже гьеб гьечӏо. Самолетазул белтил багьа хираго буго. Гьабсагӏат цӏикӏкӏун дотациял кьолел руго Россиялъул севералъул регионазде, — ян бицана гьес.\nМАИ-411 самолёт жидер чӏухӏи кколин бицана заводалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Асият Гӏабдулатӏиповалъги. КЭМЗалъул цӏияб проект хӏисабалда, Гъизляралда хӏадур гьабураб самолет гӏахьаллъун буго Москваялда щибаб соналъ тӏобитӏулеб «МАКС» авиа-салоналдаги.\nЖакъа Гъизляралъул заводалда буго 20 батӏияб цех, Москваялда ва Каспийскиялда ругел филиалазда хӏалтӏулев вуго кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Буго жидерго кинотеатр, профилакторий, лъималазе бараб парк. Шагьаралда гьекъезе бегьулеб даражаялъул лъим гьечӏолъиги хӏисабалде босун, заводалъ къватӏибе биччалеб буго жидецаго хӏадур гьабураб лъимги. Гьеб баянги нижее кьуна Асият Гӏабдулатӏиповалъ. Къадекванида нахъа гьеб лъелги хӏалбихьана нижеца.\nГьедин ахиралде щвана Гъизляралде гьабураб нижер сапар. Бихьанщиналъ асирги гьарун, Ибрагьим Ахӏматӏовас гьабураб гьоболлъиялъ рекӏелъ хинаб асарги бижизабун къо-лъикӏ гьабуна гучаб заводалъулгун. Гьелъул къебелъухъ бухулеб квартӏил гьаракь дунялалдаго рагӏизеги батила."}
{"slug": "9912-rachia-almakh-aldasan-bajbikhize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9912-rachia-almakh-aldasan-bajbikhize", "title": "«Рачӏа Алмахъалдасан байбихьизе»", "date": "2020-11-04 08:03:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 октябралда ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов щвана «Алмахъалде» — туризмалъулгун сах гьариялъул комплексалде.\nГьенир данделъун рукӏана хӏукуматалъул хъулухъчагӏиги, туризм цебетӏеялъе хӏалтӏи гьабулел гӏадамалги, бизнесменалги.\nГьениб гьоркьоб лъураб аслияб суал букӏана хас гьабун Алмахъ къварилъухъ туризм цебетӏезабиялъул бицараб.\nАлмахъ росдал цӏар бахъидал, цебе бачӏуна гьениб бугеб ритӏучӏазул фермаги. Тӏанкӏахарал ритӏучӏал гьенире 1974 соналдаго рачӏун рукӏана. Гьабсагӏаталда гьениб буго 1400 ритӏучӏ. Тӏадеялдаса-тӏаде цӏикӏкӏунел руго гьезул гьанги лълъурдулги росулел чагӏи. Гьел лълъурдул дарудай хӏалтӏизарула.\nПалхӏасил, ритӏучӏал гурелги, даруял хурдулги ва бихьизе бокьулеб тӏабигӏатги буго Алмахъалда сверухъ. Гьелъ туристалги рачӏине лъугьун руго гьенире, хасго ахираб заманалда. Гьединлъидал къваригӏун буго гьенир сверухъ нухалги, рукӏа-рахъиналъе санагӏатал шартӏалги чӏезаризе.\nМасала, транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадовас бицана лъагӏалил ахиралде лъугӏизе бугин Дилималдаса Буртунаялде унеб нухлул анлъго километралъул манзилалда хъил тӏун. Гьединго Буртунаялдаса Алмахъалде унеб нухда чабах бан лъугӏизабизе бугила тӏадеялъул.\nГьениб лъикӏаб кӏалъай гьабуна БИСОМалъул (Бизнес-сообщество Махачкалы) нухмалъулев Гӏабдула Пахрудиновасги.\nНахъисеб къоялъ нижергун ккараб гара-чӏвариялда гьес бицана жидеца кӏицӏулниги тӏобитӏанин гьеб ракьалда предпринимателазул форум. Гьелдаса хадуб ДРялъул цеве вукӏарав нухмалъулев Владимир Васильевасде Гӏабдулаца хитӏаб гьабун букӏана Швейцариялдаса нахъе ккечӏеб тӏабигӏат бугеб Алмахъалда туризм цебетӏезабиялде кӏвар кьезе ккелин абун.\n— Гьелдаса хадуб дун жиндихъего ахӏана хӏукуматалъул нухмалъулев Артём Здуновас ва абуна живги щванила гьениве, жиндие асарги гьабунила гьеб бакӏалъ. Гьединлъидал Алмахъалда хӏукуматалъул данделъи тӏобитӏизе рагӏиги кьун букӏана. Амма гьелдасаги гӏезегӏан заман ана. Бицахъе хабарги хутӏана. Хадуб цо видеоконференц-бухьеналъул заманалда ракӏалде щвезабуна дица Здуновасда Алмахъалъул хабар. Гьеб мехалда анкьидасан рилълъине ракӏалде ккана гьесда. Амма битӏун анкьидасан хисана республикаялъул бетӏер. Гьанжеги жо ккечӏин вукӏаго, Артем Алексеевичас ахӏун бачӏана. Гьес бицана жинца Меликовасда бицанин Алмахъалде ине хӏисабалде босараб сапаралъул хӏакъалъулъ. Гьевги кутакалда разилъанила. Гьедин битӏа-бишун кканаха гьелъул иш.\nДица Меликовасдаги абуна, рачӏайин нилъеца туризм цебетӏеялъе бугеб-гьечӏеб къуват Алмахъалде рехизе, цинги гьениб щвараб хӏалбихьи цогидал районаздаги хӏалтӏизабилин. Гьевги разилъана.\nГьабсагӏаталда киназулго кӏалдиб буго Сарихум. Гьенисан унел руго Сулахъалъул къварилъи бихьизе. Гъорасанги щолел руго «Главрыбаялде» — форель гӏезабулеб магӏишаталде. Гьедин къасиялдехун туристал Махӏачхъалаялде рачине кколел руго аскӏоса гӏебеде гостиницаби гьечӏолъиялъ. Дир хӏисабалда, Махӏачхъалалде рачине кколаро гьел. Бахъе «Главрыбаялдаса» Дилималде 19 километралъул нухги, раче гьениреги. Гьениб хъил тӏуни, Алмахъалде щвезе бигьалъула. Нижеца туристазе дора гостиницабиги рала. Гьеб мехалда рачӏунел чагӏи гӏемерлъула. Дица Меликовасда абуна нужеца ракьул суал цойиде ккезабуни, нижеца доба кватӏичӏого ресторанги гьалбадерил рукъги балин, — абун бицана «Хӏакъикъаталъе» Гӏабдула Пахрудиновас, Алмахъалда тӏобитӏараб данделъиялъул хӏакъалъулъ.\nКазбек районалда гуребги, туризм цебетӏезабизе республикаялъул цогидал районаздаги къваригӏун бугин бицана данделъиялда.\nСергей Меликовасда лъикӏаблъун бихьулеб буго 2025 соналде щвезегӏан Дагъистан цебетӏезабиялъул Концепция хӏадури. Гьелъул презентация исана лъагӏалил ахиралда гьабизе хӏукму гьабуна. Концепциялда аслияб бакӏги туризмалъ кквезе буго.\nАмма квегӏенал нухаздаги, отелаздаги, рукӏа-рахъиналъул шартӏаздаги цадахъго, туристалгун хӏалтӏулел, хасаб лъай бугел чагӏиги къваригӏуна. Гьединал гӏолилал стажировкаялъ Испаниялде, Болгариялде, Турциялде ритӏун ругин бицана Меликовасда Россиялъул туризмалъулгун сервисалъул университеталъул Махӏачхъалаялда бугеб филиалалъул директор Зульмира Ханбабаевалъ.\nПандемиялъул заманалда хӏалтӏулел бакӏалги рукӏинчӏого, санаториял-курортазеги зарал ккана. Гьеб рахъалъ пачалихъалъул кумек къваригӏун руго гьединал бакӏазул бетӏергьаби.\nГьединго бизнесменазда дандчӏвалеб цоги суалги буго. Иргадулаб база, санаторий, яги гостиница базеян лъугьани, ракь сабаблъун дагӏба байбихьула. Гьел киналго суалал цойиде рачине хӏукму ккана хӏукуматалъулги бизнесалъулги вакилзабазул."}
{"slug": "9917-untarazul-urg-elaz-bertsin-gaburab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9917-untarazul-urg-elaz-bertsin-gaburab-k-ismat", "title": "Унтаразул ургъелаз берцин гьабураб къисмат", "date": "2020-11-04 09:31:00", "categories": ["med"], "text": "Доб заман ракӏалде щведал, гьанжеги сири балеб бугоан Аминатил черхалда. Унтулел-холел гӏадамалги, хвалил кьер чӏвараб сверухълъиги, сихӏкъотӏун гӏенеккун чӏараб тӏабигӏатги. «Багӏараб зонаялда» хӏалтӏизе ккечӏониги, гьелдаги цӏакъ хехго бичӏчӏана цӏар лъезе лъалареб унтуца гьабулеб бугеб гьужумалъ чангиясул гӏумру лъукъизе букӏин.\nЛъукъунгӏаги толеб букӏарабани гьеб – тӏутӏун балеб букӏана нухда бата-батараб, цӏарал, ригь, хъулухъ цӏехечӏого. Хвалие ургъел букӏинчӏо гӏумруялъул сариназул, гьелъул хӏалхьолароан, гӏадамазул угьи-зигара рагӏичӏого. Телевизоралдасан кьолел цӏиял харбазухъ гӏенеккизе кӏолеб букӏинчӏо халкъалда — цӏоб гьечӏеб унтул кверщаликье ккараб загӏиплъараб гӏумруялъул гӏажизлъиялда цадахъ гӏодун свакан букӏана халкъ. Дунялалъул киналго пачалихъазда щущазегицин къуват гӏуна гьелъул. Гьеб унтуца жидеда малъ бан ругел бичӏчӏичӏел ва лъаларел унтаралги къойил рачӏунаан Аминат Гӏабдулмажидова хӏалтӏулей йигел Махӏачхъалаялъул №№ 3 ва 5 поликлиникабазде.\nГӏажизлъараб гӏумру,\nсвакараб магӏу\n— Жегиги бетахъе хутӏун буго дол лахӏзатазул магӏу дир бадиб. Къойил рачӏунел рукӏана нижехъе унтарал. Лъалеб, бичӏчӏулеб букӏинчӏо щиб унти гьебали. Байбихьуда гриппилан тараб гьелъ дагьаб заманалдасан цӏакъго кутак гьабуна. Унтаралги тохтурзабиги – киналго рихха-хочун рукӏана. Ва цо заманалдасан рагӏана коронавирусилан абураб унти Китаялда батун рагӏулилан. Вас-васдизе лъугьана нижги – цощинабин абураб хӏинкъиги рещтӏунеб букӏана рекӏелъе. Амма ракӏалдецин ккезе тезе бокьун букӏинчӏо гьеб нилъехъеги бачӏинин абун. Ва гьале дагьаб заман ана гьоркьоб – гьелъ байбихьана Россиялде гьужум гьабизе. Гьедин букӏаниги божизе бокьулеб букӏинчӏо гьелъ Дагъистаналдеги ишан босилин абун. Кватӏичӏо гьеб нилъехъе бачӏинеги. Гьелъул ругьел щведал, рукӏкӏана дунял, лъалеб букӏана ахӏичӏого бачӏараб гьеб «гьобол» нахъе хехго ине гьечӏеблъи. Дун хӏалтӏулей йигел поликлиникабазда рагьана хасал кабинетал, температурагун ва гьеб унтул цогидал гӏаламаталгун рачӏарал унтарал къабул гьаризе. Гьелин абуни, къоялдаса къоялде гӏемерлъулел рукӏана. Цо гьадинаб хӏужаги унеб гьечӏо цебесаго:\n— Цо къоялъ вачӏана бадире ралагьизе барахщараб берцинлъиялъул гӏолохъанчи. Бихьулеб букӏана унтуца гьесиеги «салам» кьун букӏин. Ракӏалдецин ккелароан, гьединаб гьайбатлъиялдаги гурхӏичӏого, хвелалъ гӏумру бас-басун балилан. Кӏиго-лъабго нухалда вачӏана гьев нижехъе. «Виун» унев вугев гьесухъги ялагьун, ракӏги букӏана дир бихъ-бихъун унеб. Ана гьевги вачун больницаяде. Зама-заманалдасан кӏалъалаан дун, гьесул ахӏвал-хӏалги цӏехон, гьев вегун вукӏараб республикаялъул киникияб (Централияб больница) больницаялде. Гьесул мадар бугилан абидал, йохулаан. Васасде гӏадаб рокьи бижун букӏана дир гьесде. Цӏакъ бокьун букӏана гьесухъе тӏад руссине гӏумруялъул талихӏал лахӏзатал. Амма бечӏараб гӏумруялда цӏилъи чӏвачӏо – дихъе щвана гьесул гӏумруги хвелалъ даимлъиялде битӏанин абураб ругьел. Гӏодана дун гьесда хадуй гӏорцӏизегӏан. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, чӏолеб букӏинчӏо магӏу. Свакан — баскан букӏана гьеб. Букӏаниги, гьелъул чвахи чӏолеб букӏинчӏо. Гьединаб магӏил къадар, цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулеб букӏинчӏо,- ян ракӏалде щвезаруна тӏадегӏанаб категориялъул тохтур-ревматолог Аминат Гӏабдулмажидовалъ дол лахӏзатал.\nДие гьеб хабар бицунелъулги, гьелъул рахӏатхвей хӏалуцунеб букӏана. Бихьулеб букӏана жеги гьей дозухъ, согӏаб унтиялъ хвалил рагӏдукье хъамун аразул гӏумруялъухъ инагьдилей йикӏин.\nДица гӏумру тела гӏадада инчӏин…\nГьеб заманалда жиндирго унтаразул гьабураб адабалъухъги бихьизабураб къохӏехьеялъухъги Аминатги мустахӏикълъана «Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе. Гьелда шапакъат баркизе дун щвана гьей хӏалтӏулей йигеб «Медианс» медицинаялъул централде.\nДунги гӏурабго мехалда чӏезе ккана Аминатихъе ине иргаялда. Гьелъухъ рачӏарал унтаразул къадарги цӏикӏкӏараб бугоан гьенибги. Унтараз цӏехолей тохтур – гьелдаса кӏудияб шапакъат кинабха букӏине бокьарав тохтурасе. Киназего бицине берцинаб рагӏиги батулеб бугоан гьелда. Коронавирусалъул бицунелъулги, жиндирго унтаразулги бицен ккезабулеб букӏана гьелъ.\n— Гьабсагӏаталдаги ургъел букӏуна дие рищалаби унтаразул. Щайгурелъул гьезие хӏинкъи цӏикӏкӏараб буго гьаб унтиялъул. Гьединлъидал социалиял гьиназдасан малъа-хъваялги гьарула дица гьезие. Дица хӏаракат бахъула къойил цӏияб жо лъазе. Тохтур даим цӏалделевлъидалха вукӏине кколев. Лъара-лъараб дица унтаразеги бицуна, — ян абуна гьелъ.\nУнтиялъулги бицун, дицаго пашман гьаюрай Аминатихъе цӏидасанги гьими тӏад буссинабизе бокьарай дица лъималазул, хъизан-рукъалъул цӏехана гьелда.\nДида щаялиго кколаан гӏицӏго творческиял гӏадамазул гурони рукӏунарилан берцинал пикрабийилан. Амма дунго мекъи йигеблъи бичӏчӏана дида, тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвазе лъугьиндал. Гьездаса дие щванщинал дарсал, цоялдаса цоял цӏакъал, тӏокӏал.\nКьуна дие гьел Аминатицаги. Цӏакъго рекӏелъе бортараблъун хутӏана дие гьелъул гьаб хадусеб каламги:\n— Гӏолохъанлъиялда нилъеда лъималазул гьаракь рагӏулеб гьечӏони, херлъараб мехалда гьезда нилъер гьаракьги рагӏуларо.\nАминатида аскӏоса индалги, гьел рагӏабазул пикру гӏемер гьабуна дица. Гьедин гьелъ абуна, лъималазул бицунелъул.\n— Дие бокьун букӏана цохӏо вугев васги тохтурлъун вахъине. Дица гьев цеве чӏезавулаан, хъахӏаб халгӏатги ретӏун. Амма дида кӏвана васасул гьаракьалъухъ гӏенеккизе. Гьес тӏаса бищана юристасул махщел. Жиндирго махщалидаса ракӏ регьун, талихӏалъ кенчӏолел гьесул берал рихьидал, бичӏчӏана васасул гьаракь дида заманалда рагӏун букӏин. Аминатил йиго кӏиго ясги. Кӏиялъго тӏаса бищана тохтурлъи.\n— Гьитӏинай ясалъ тӏоцебе лъугӏизабуна медучилище. Дица гьелда абуна гьеб гӏелин гьанже дуейилан. Цӏалдезе захӏмалъизеги бугин дуе, хӏалтӏизе лъугьайилан абун. Ясалъ дида абуна: «Эбел, дица бигьаяб нух тӏаса бищулеб гьечӏо. Биччанте захӏмалъизе. Дида лъала дицаго бищараб махщалил багьаги. Гьедин гурищ малъараб дуца дида, — ян гьелъ жаваб кьедал, жий йохараб куцилан абуан Аминатица.\n— Дир гӏумруялъулги махщалилги магӏна – гӏадамазе талихӏ ва лъикӏлъи бикьи. Гьелъго батила инсанасул гӏумруги берцин гьабулеб – лъикӏал къасдазги гьединалго ишазги.\nДир кумекалдалъун цохӏогӏаги унтарасда талихӏ батун батани – гьеле диеги талихӏ. Битӏараб буго – чӏужугӏаданалъе талихӏ хъизан-рукъалъулъ буго. Амма гьелда дагьабги нур базабула цогидазе дуца гьабулеб лъикӏлъиялъ. Дица дирго гӏумруги гӏадада инчӏилан тела, дир хъизамалъул талихӏалда хьолбохъ гьединаб талихӏги рещтӏун батани,- ян тӏадеги жубана Аминатица.\nГьуинаб тӏагӏамалъул\nталихӏалъул гьаракь\nРорхатал мугӏрузда гӏурай Аминатил гӏамалги гьединабго борхалъиялда буго. Бугониги, батӏияб тӏагӏам букӏуна мугӏрул руччабазул талихӏалда. Гьелъул гьуинлъиялъ жиндирго хасал расеналги угьун рукӏуна магӏарулалъул гӏумруялда. Гьеб талихӏалъул гьаркьихъе кьурдула къисматги, гогьдарула гӏумруги. Гьеле гьединаб буго Аминат Гӏабдулмажидовалъул талихӏалъул магӏнаги. Бокьулебцин букӏинчӏо гьелда аскӏоса нахъе ине. Амма Аминатихъ ралагьун чӏун унтарал рукӏана.\nКиналха рукӏарал Аминатие гьеб талихӏалде гьей ячунел нухал\nГьаюна Аминат Бежтӏа росулъ. Гьитӏинго рекӏелъ тӏирщараб тохтурлъун яхъине йигеб анищ соналдаса соналде тӏегьалеб букӏана. Лъугӏана гӏолилалъул школа. Ва 1990 соналда цӏализе лъугьана Ростовалъул мединституталде. Тӏоцебесеб курс лъугӏидал, тӏад юссана Дагъистаналде. Лъугӏизабуна Дагъистаналъул мединститут. Ва гьелдаса нахъе хӏалтӏулей йиго тохтур-ревматологлъун. Ва къойил — унтаразул ургъалида… Гьез берцинги гьабун буго Аминат Гӏабдулмажидовалъул къисмат."}
{"slug": "9918-mugialimzabazulgi-mugialim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9918-mugialimzabazulgi-mugialim", "title": "Мугӏалимзабазулги мугӏалим", "date": "2020-11-04 09:33:17", "categories": ["obshestvo"], "text": "Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас бицана жидер рай-\nоналда бищун къадруял директорзабазул цояв кколин Гьентӏа росдал\nшколалъул директор Мухӏамад Мухӏамадов (Ахӏматӏиласул Мухӏамад).\n— Ноябралъул авалалда Мухӏамад гьавуралдаса 80 сон сверула. Нилъер миллияб «Хӏакъикъат» газеталдасанги бегьилаан берцинаб гӏамал-хасияталъул инсанасда, учительзабазулги учителасда юбилейги баркизе, гьесул хӏакъалъулъ цо чанго рагӏиги абизе, — ян кӏалъана М. Хӏасанов.\nРайоналъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Ибрагьим Хӏаживасги бицана гьадин: «Мухӏамад ккола нижер гӏакълучи, кумекчи ва насихӏатчи. Жакъа районалда гьесдаса лъикӏав школалъул директор гьечӏин абуни, мекъиги ккеларо. Нижер управлениялъул коллективалъги баркула Мухӏамад Гулаевичасда 80 сон тӏубаялъул юбилей, гьарула гьесие щулияб сахлъи», — ян.\nМухӏамад гьавуна 1940 соналъул кӏиабилеб ноябралда учителасул хъизамалда. Гьесул эмен Ахӏматӏил Мухӏамад вукӏана росдал байбихьул школалъул заведующий. Росуцояз жакъаги бицуна гьесул гӏаданлъиялъул ва лъикӏлъиялъул хӏакъалъулъ. Амма гьев магӏаруласул гӏумру гӏолохъанго гьоркьоб къотӏизабуна. Нахъасан мацӏги гьабун, 1941 соналда гьев жанив тӏамуна ва туснахъалда хвана. Хадуб лъана гьесда щибго гӏайиб букӏинчӏеблъи ва судалъ ритӏухъги гьавуна.\nДол къваридал соназда, эмен гьечӏониги, кӏудадаби Ахӏмадица ва Магьдилас Мухӏамадида я чадикълъи, ялъуни ратӏликълъи бихьизе течӏо.\nГьес тӏаса бищана инсулго нух, цӏалана учителасул махщалие ва гӏумруялъго хӏалтӏана росдал школалда.\nКидаго къамартӏав, гӏадамалъ гьуинав ва рекӏелъ восулев Мухӏамадил хӏисаб гьабидал, дида ккола гьесул сипаталъ ва гӏамалалъ, цӏалдохъабазе гуребги, гьезул улбузеги тарбия кьолин.\nЖиндирго дарсал Мухӏамадица лъазаруна рагьараллъун. Гьединлъидал, дарсал кьезе бугеб махщалил хӏалбихьи лъазабизе гьесул дарсазде рачӏуна мадугьалихъ ругел росабазул школазул учительзабиги.\nМухӏамадовас 1960 соналда лъугӏизабуна Аварпедучилище. Гьебго соналъ вачӏана гӏагараб росдал школалде хӏалтӏизеги. 1972 соналда, заочно цӏалун, лъугӏизабуна ДГПИялъул географиялъул факультет. Ичӏго соналъ хӏалтӏана школалъул директорасул заместительлъун, 1984 соналдаса нахъе — школалъул директорлъун. Мухӏамад вуго унго-унгояв гӏуцӏарухъан ва магӏишатияв нухмалъулев, гъваридаб лъаялъул ва камилаб махщалил специалист. Гьев рикӏкӏуна бищун лъикӏал учительзабазул цоявлъунги. Гьелъие нугӏлъи гьабула районалда тӏоритӏулел олимпиадабазда гьесул цӏалдохъабаз кидаго цересел бакӏал кколел рукӏиналъги. Гьединго гьесул цӏалдохъабаз призалъулал бакӏал росула республикаялъул олимпиадабаздаги. Масала, 2011 ва 2012 соназда 10 классалъул цӏалдохъан Мухӏамадов Хӏажица росана кӏиабилел бакӏал, гьебго соналъ 9 классалъул цӏалдохъан Магӏазов Магӏазица ккуна лъабабилеб бакӏ, 10 классалъул цӏалдохъан Мухӏамадов Гӏабдулмуслимица – лъабабилеб бакӏ, 11 классалъул цӏалдохъан Абакаров Хӏажица – кӏиабилеб бакӏ ва 11 классалъул цӏалдохъан Хадижалов Хӏажица – лъабабилеб бакӏ.\nДиректорлъи гьабулел соназда Мухӏамадовас кьучӏдасанго хисизабуна школалъул сипат-сурат. Школалъул минаялда тӏад бана кӏиабилеб тӏала, къватӏисанги жанисанги къачӏана, дарсал кьолеб къагӏида кабинетазулаб системаялде сверизабуна ва школа цо сменаялъ хӏалтӏулеб низамалде бачана. Гьес гӏуцӏана цоцалъ гъункараб ва бокьараб масъала тӏубазабун бажарулеб педколлектив, чӏезаруна учителасул хӏалтӏуе шартӏал ва школалда лъугьинабуна творческияб ахӏвал-хӏал. Бана спортзал ва хъил тӏураб спорталъул майдан. Гӏураб къадаралда чӏезаруна компьютерал ва дарсазе хӏажатал цогидалги алатал.\nГьесул бажари-жигаралдалъун бана ва жакъаги хӏалтӏулеб буго 215 цӏалдохъанасе бакӏги бугеб типалъулаб школа ва гӏатӏидаб спортзал.\nУчительзабигун цадахъ лъугьун гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда, директорас школа бачана районалда бищунго лъикӏал школазул мухъилъе. 1998, 1999, 2002 соназда школалъе щвана «Лъагӏалил школа» абураб тӏадегӏанаб цӏар, 1998 соналда мустахӏикълъана президентасул гранталъе ва школалъе щвана миллион гъурущ.\nДиректорасда лъала щивав учителасул ва цӏалдохъанасул рекӏелъе нух батизе. Къваригӏараб лахӏзаталда гьес гьабула тохлъи биччарав учительги, гӏадлу-низам хвезабурав цӏалдохъанги тӏад ургъизе тӏамулеб калам. Барахщуларо мустахӏикъасе гьабулеб реццалда.\nРайоналде рачӏарал Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъаби гӏемерисеб мехалда рачуна Гьентӏа росдал школалде ва гьениса нахъеги уна коллективалъул хӏалтӏудаса разиго. Гьединго, директорасул ва учительзабазул хӏалтӏул хӏалбихьи лъазабизе ва гьез дарсал кьолеб къагӏида бихьизе рачӏуна районалъул росабазул учительзабиги. Гьайгьай, гьеб кинабго ккола директорасул бажари ва кӏвахӏ тун, гӏетӏ тӏун, щибаб къойил хӏалтӏул лъикӏаб хӏасил.\nМухӏамад вуго хъизамалъул мисалияв бетӏер, гьесул буго гьайбатаб, захӏмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб ва талихӏаб хъизан. Лъимал — Мухӏамад, Патӏимат ва Зайнаб руго тӏадегӏанаб лъаялъул, жамагӏаталъе пайдаял, чӏахӏиязул хӏурмат цӏунарал чагӏи.\nМухӏамад Мухӏамадовасул ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе, гӏуцӏарухъанлъиялъул гьунаралъе ва ишалдехун бугеб творческияб бербалагьиялъе хӏукуматалъ тӏадегӏанаб къиматги кьуна. Гьев мустахӏикълъана СССРалъул краеведениялъул отличник (1984), ДАССРалъул халкъияб просвещениялъул отличник (1978), ДРялъул мустахӏикъав учитель (1996), Лъагӏалил директор (1999), РФялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан абурал цӏаразегун шапакъатазе. Гьединго Мухӏамадие щвана республикаялъул ва районалъул даражаялъул гӏемерал Хӏурматалъул грамотаби.\nЩибаб росдал вукӏуна жиндирго цевехъен, щаклъи кколареб къадруялъул жамагӏатчи. Мухӏамад ккола гьединаб къадруялъул, камилаб гӏакълуялъул ва гӏадлуялъул инсан, ай гьидерицаго къимат гьабулев мустахӏикъав магӏарулав. Гьев жигаралда гӏахьаллъула росуцоязул рохалил тадбиразда, гьединго хӏадур вукӏуна хӏажалъи ккарасе кумекалъе вахъине.\nЖамагӏаталда гьоркьоб Мухӏамадил бугеб къадру бихьун, гьев ахӏула дагӏба-рагӏи ругезда гьоркьоб рекъел гьабизеги, рос-лъади рекъезаризеги. Мухӏамадица, ясбер гӏадин, цӏунун буго гьобол къабул гьавиялъул умумузул гӏадатги.\nАхӏматӏиласул Мухӏамадил гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб махщелги, халкъалда гьоркьоб гьесул бугеб къадруги бихьун, районалъул тӏалъиялъ гьесда чанго нухалъ гьарана колхозалъул яги советалъул председательлъи гьабеян. Амма гьес тӏаса бищана учителасул хӏалтӏи.\nГьеб хӏалтӏул бицунаго, Мухӏамадица абуна: «Жакъа хӏукуматалъ, харжалъул ва коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гӏарцул рахъалъ учитель цӏакъ къварид гьавулев вуго. Гьеб киназдаго лъалеб жоги буго. Гьединлъидал цоги бакӏазда цӏалун бажаруларев чи гурони учительлъун цӏализе унев гьечӏо. «Цӏалун» рахъунел гӏолохъанал учительзабазул лъайги буго бицинего нечараб даражаялда. Кинаб лъайги тарбияги гьез лъималазе кьелеб? Чара гьечӏеблъун ккола, хӏукуматалъул тӏалъиялъул даражаялда учителасул къадру борхизаби. Гурони, хӏинкъи буго Россия дунялалъул цивилизациялъул рачӏчӏалда хутӏизе букӏиналда», — ян.\nХӏурматияв Мухӏамад Гулаевич, росдал школалъул учительзабазда, цӏалдохъабазда ва тӏолабго жамагӏаталда цадахъ нижецаги баркула дуда юбилей. Гьарула сахлъи, талихӏ, парахалъи, халатаб гӏумру."}
{"slug": "9919-gitiinab-nayal-ul-kiudiyab-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9919-gitiinab-nayal-ul-kiudiyab-khialtii", "title": "Гьитӏинаб наялъул кӏудияб хӏалтӏи", "date": "2020-11-04 09:46:53", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Росдал магӏишат, хасго гӏи-боцӏухъанлъи, хурухъанлъи, ахихъанлъи,\nцӏолбохъанлъи буго нилъее хасиятаб хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ\nбуго найихъанлъиги.\nГьеб бутӏаялъул хӏакъалъулъ нижее бицинеги,\nдандчӏвалел ругел гӏунгутӏабазул рехсезеги гьал къоязда редакциял-\nде вачӏун вукӏана найихъан Варис Чураев. Гьес лъугӏизабуна росдал\nмагӏишаталъул институталъул ветеринарияб факультет, Рязаналда бу-\nгеб найихъанлъиялъул академия.\n— Варис, нилъеда лъала тӏабигӏаталда щибго жо гӏадада бижараб гьечӏеблъи. Масала, наяз кинаб бакӏха гьениб кколеб?\n— Баянаб жо буго, кинабго гъветӏ-хералъе къваригӏуна тӏогьолъ хьонтӏи лъугьинаби (опыление). Гьелъие буго кӏиго аслияб къагӏидаги – гьуриялъул ва рухӏчӏаголъабазул кумекалдалъун. Гьединазда гьоркьоб аслияб бакӏ ккола наяз, гьез хьонтӏи лъугьинабула гъветӏ-хералъул 70-80 проценталда.\nГьелъул хӏасилалда тӏогьое (гӏурччинлъиялъе) щола хьон ва гьебго заманалда тӏогьодаса наязеги щола гьезул гӏумруялъе чара гьечӏого хӏажалъулеб белок гьоркьоб бугеб квен. Гьединлъидал наял гьечӏони гьечӏо гъветӏ-херги.\n— Гьава-бакъалъул, тӏабигӏаталъул рахъалъ наязе кинаб бакӏлъун рикӏкӏунеб Дагъистан?\nГьури камураб мех гӏемер букӏунарелъул нилъер гьаниб, гьелъ гьабуларищ квалквал?\n— Рии багӏарараб, цӏадал рай дагьаб, риччел мукъсанаб букӏиналъ, нилъер гьанир ругел шартӏал гьелъие цӏикӏкӏун данде кколеб хӏисабалъул гьечӏо. Мисалалъе, Россиялъул гьоркьохъеб полосаялда цо найил тӏалаялъ, гьоркьохъеб хӏисабалда, кьолеб батани гьацӏул 50-60 кило, гочинарун наял хьихьулев найихъанасе нилъер гьаниб щола 13-15 кило. Амма наял гӏезариялъе их цудунго, хасел кватӏун щолеб букӏиналъ, нилъер гьанир руго цӏакъго лъикӏал, рекъарал ресал. Секундалда жаниб 5-7 метр хехлъиялда бахъунеб гьороца толаро наял берцинго хӏалтӏизе. Гьелъ бахъула гьадинги дагьаб риччел, бакъбаккул рахъалдасан пулеб, ралъдада тӏасан бачӏунеб гьороца цадахъ цӏала цӏамул махӏ, гьебги буго сундуего (наязул хӏалтӏуеги) заралияб хӏужа.\n— Ахираб заманалда гӏемер бицуна цӏакъго гӏемераб най холеб букӏиналъул. Битӏараб бугищ гьеб, батани, щиб гьелъие гӏилла?\n— Наязул гӏезегӏан руго заралиял, захӏматал унтаби. Гьезда гьоркьоб бищунго захӏматаблъун рикӏкӏуна варроа (хъанхърабазул тухумалъул клещ-хӏапара). Араб гӏасруялъул 80-абилел соназдаго нилъер гьанибе щвараб гьеб соналдаса соналде цӏикӏкӏун гурони дагьлъулеб гьечӏо. Гьелде данде нилъер гьаниб 20 соналъ хӏалтӏизарулел руго цого-цо дараби. Найихъабазул лъикӏаб гӏуцӏи гьечӏолъиялда бан, ругел дараби киназго хӏалтӏизарулел гьечӏо цадахъ рекъон, чӏезабураб заманалда (гьоцӏо бакӏаризе байбихьилалде (ихдал) ва бакӏарун лъугӏараб заманалда (хасало)), цо низамалда. Тӏаде балагьун бихьизе кӏоларо клещ (гьеб чӏола найил чехьалда гъоркь бахчун). Гьединлъидал цо-цо найихъаби чӏола жидер наял унтун гьечӏин абун ва даруги гьабуларо.\nКӏиабизе, нилъер республикаялда гьеб ишалъул хӏалтӏи тӏаде кколел пачалихъиял идарабазда гьечӏо наязда сверухъ ветеринарияб хӏалтӏи цойиде бачунев, гьеб рекъезабулев ветеринар — профессионал.\nЛъабабизе, дир хӏисабалда, Дагъистаналда буго гӏага-шагарго 120-140 азаргогӏанасеб найил тӏала. Риидал букӏуна гьеб къадар, хасало хола гьезул 20-25 процент. Гьебго заманалда Гьоркьохъеб Азиялдаса лъагӏалие Дагъистаналде босун бачӏуна 15 азаргогӏанасеб тӏала. Гьезул гӏемерисел рукӏуна доб варроа клещалъ унтарал (загьирго гьеб лъачӏониги), гьеб рахъалъ «Россельхознадзор» гӏуцӏиялъ нилъер гӏорхъода гьабулеб хӏалтӏул хӏасилги бихьулеб гьечӏо.\nУнкъабизе, гьел унтабазул хӏасилалда кутакалда загӏиплъараб, низам биххарал наял (наязул хъизам), хасало, рехун тун тӏалагун уна лъутун.\n– Тӏабигӏаталъе гьезул бугеб кӏваралъул нилъеца бицана. Инсанасе наязул бугеб пайдаялъул щиб абилеб?\n— Наяз нилъее кьола цӏакъго пайдаял тӏабигӏиял нигӏматал. Буго апитерапия – наязул кумекалдалъун, гьезул хасияталъул хасал гӏаламаталги хӏалтӏизарун, цо-цо унтаби сах гьарулеб къагӏида. Гьебго мухъалъул буго найил нигӏматазул махӏгун цӏакъго гӏисинал бутӏабаз бечед гьабураб гьава («Ульевой воздух») дару хӏисабалда хӏалтӏизабиги.\n— Гьоцӏо даруяб, цӏакъго къиматаб нигӏмат букӏин лъала. Найихъан хӏисабалда, дуца щиб абилеб?\n— Гьоцӏо ккола сахлъи щула гьабиялъе бугеб нигӏмат. Черхалъул пуланаб лага сах гьабиялъе бугин гьаб гьоцӏо, цогидалъе бугин доб гьоцӏо абун чӏезаби, битӏараб гьечӏо. Гьацӏулъ руго наяз гьеб босараб даруял хурдузулъ ругел пайдаял жал, ферментал, витаминал, микро ва макроэлементал. Амма гьезул къадар буго дагьаб, гьез тӏубаларо нилъер черхалъе хӏажатаб тӏалаб. Руго хурдул цо-цо унтабазда данде хӏалтӏизаризе лъикӏал. Гьединал хурдулгун жубан хӏалтӏизабуни, гьацӏуца пайда гьабула.\n— Абула гьоцӏо цӏорой-хинлъиялдаса цӏунизе кколин абун…\n— Нилъеда лъала 42-43 градусалъул ва гьелдаса тӏаде араб хинлъиялъ белокалъул даража холеблъи. Гьацӏуда гъорлъги руго белок мисалалъул элементал, амма дагьаб заманалъул хинлъиялъ (мисалалъе гьоцӏогун чай гьекъолаго) гьел холаро.\nГьебго заманалда хӏажалъи гьечӏо гьеб цӏикӏкӏун хинлъизабизеги. Лъазе лъикӏаб буго цоги хӏужа – гьоцӏо квани лъимги тӏад гьекъон, цӏикӏкӏуна цӏекӏлъи (кислотность), хинаб лъим гьекъани, гьеб дагьлъула.\n— Кинал гӏаламатаздалъун батӏа бахъизе кӏолеб бацӏцӏадаб гьоцӏо?\n— Гочинабун наялги хьихьулев, вацӏцӏадав найихъанасул гьоцӏоги букӏуна лъикӏаб, бацӏцӏадаб. Гьелда цадахъго буго гьадинаб жоги – гьоцӏо бакӏарулеб заманалда добго клещалде ва цоги унтабазда данде гьес хӏалтӏизарулел рукӏун ратани дараби, хвана кинабго – кинаб бацӏцӏалъиха букӏинеб химиягун жубараб гьацӏул? Гьоцӏо кинаб бугебали мухӏканго лъазе кӏола цохӏо лабораториялда. Амма нилъер гьанир ругел лабораториязда кӏоларо гьединал баяназул гьез халгьабураб цо бутӏа гурони кьезе. Букӏине кколеб даражаялъул лаборатория тӏубараб Северияб Кавказалдаго цохӏо Ростовалда гурони гьечӏо. Нилъер гьаниб гӏадамаз хӏалтӏизарулел къагӏидабаз загьир гьарула гьелъул физикиял гӏаламатал, амма гьез бихьизабуларо гьацӏул бацӏцӏалъи. Дагьаб мадараб хӏалалда гьеб лъазе кӏола 3-4 батӏи-батӏияб гьоцӏоги цебе лъун, гьелъул хӏалги бихьун. Хӏасил гьабун абуни, бищун лъикӏаб буго божи бугев найихъанасул гьоцӏо боси.\n— Кибго лъала Алтаялъул, Башкириялъул гьоцӏо. Нилъералъул гьечӏо гьединаб машгьурлъи…\n— Гьезулаб какизе дир ихтияр гьечӏо, амма нартилгун химиялъул магӏишат цебетӏурал Башкириялдаги Татарстаналдаги экологиялъул рахъалъ махӏниги лъикӏаб хӏал гьечӏо. Мадугьалихъ Казахстан (Семипалатинск полигон) букӏиналъ, Алтаялда (тӏабигӏат бечедаб бугониги) буго радиация. Гьединлъидал гьел регионазда букӏине рес гьечӏо бацӏцӏадаб гьоцӏо, гьелъул къадар гьениб хӏакъикъаталдаги гӏемер бугониги. Экологиялъул рахъалъ Дагъистан буго бацӏцӏадаб регион. Амма дол регионазул нухмалъиялъ пачалихъияб даражаялда кутакалда кӏвар кьола найихъанлъиялде, кӏудияб хӏалтӏи гьабула гьелъул нигӏматал тӏиритӏизариялда бан. Нилъер гьаниб гьечӏо гьелда бан гьабулеб хӏалтӏи. Гьелъул хӏасилалда нилъер гьацӏул машгьурлъиги гьечӏо.\n— Щиб кьолеб гочинарун наял хьихьиялъ? Битӏун бугищ гьацӏуда хасал цӏарал (гречкаялъул, липаялъул ва гь.ц.) лъей?\n— Щибаб авалалда букӏуна, аслияб куцалда, гьоцӏо бакӏарулеб заман ва гьеб кьолеб гъветӏ-хер, гьезда рекъон лъола цӏарги. Тӏоцебесеб гьоцӏо бакӏарула акациялдаса, хадубго щола молочай (цӏакъго лъикӏаблъун рикӏкӏунеб гьеб нилъер гьаниб гурони цоги бакӏазда гӏемер букӏунаро), хадур найихъаби гочуна магӏарухъе. Гьединаб низамалъ кьола тӏабигӏаталъул киналго шартӏал пайдаялда хӏалтӏизаризе рес. Буго цоги рахъ, гочинабун хьихьулеб най букӏуна магӏарухъ хьихьун бугеб наялдаса кӏиго нухалъ къуватаб. Гьелда рекъараб букӏуна гьелъул хӏалтӏул хӏасилги.\n— Найихъанлъиялъул буго гӏемераз пикру гьабичӏого толеб, амма цӏакъго кӏвар бугеб гӏелмияб рахъги – хасал маткаби, тайпадулал наял гӏезари. Нилъер гьаниб кинаб даражаялда бугеб гьеб хӏалтӏи?\n— Беццизесеб хӏал гьечӏо. Цоги кинабго рухӏчӏаголъиялъулго гӏадин наязулги руго жиб-жиб авал-шартӏазда ругьунал тайпаби.\nНилъер гьаниб гьединаблъун букӏана Серая горная Кавказская тайпа. Хадуб гьанире раччизе байбихьана цоги тайпаби, жубана хьон ва араб гӏасруялъул 80-абилел соназда лъугьана гьеб тайпа. Цинги гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталъ Дагъистаналъе бихьизабуна найил 2 тайпа (дир пикруялда, гьеб букӏана кӏудияб гъалатӏ). Заманалдасан гьеб кӏиябгоги хвана. Бацӏцӏадаб тайпа бугеб бакӏ хутӏана Европа, доба гьеб хӏалтӏи гьабула цӏакъго тӏадегӏанаб даражаялда (Карлика тайпа ва тайпалъун рикӏкӏине бегьулеб Бекваст). Гьабсагӏаталда нилъер гьанибеги гьениса раччула гьеб тайпаялъул наял. Гьелги руго лъикӏаб багьаялде, мисалалъе, гӏадатияб маткаялъул багьа бахуна 80-100 евроялде, жеги лъикӏаб – 500-ялдеги. А классалъул тайпа бахуна 1000 евроялде. Гьеб багьаялдецин росизеги щоларо гьел. Тайпадулаб хӏалтӏи гьабизе, маткаби-наял гӏезаризе цӏакъго санагӏатаб бакӏ буго Дагъистан, гьелъие гьаниб буго кӏиго чӏинкӏиллъи – Чечень ва Тюлений, ай наял жура-гъураялъе кинабгӏаги хӏинкъи гьечӏеб. Амма гӏорхъода бугеб зона хӏисабалда, гьенибе нух къан буго найихъабазе."}
{"slug": "9920-ritiukh-l-iyal-ul-general", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9920-ritiukh-l-iyal-ul-general", "title": "Ритӏухълъиялъул генерал", "date": "2020-11-04 09:54:38", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "«Художникас нахъе тола рахъарал суратал, хъвадарухъанас – къисса-\nби, романал, поэтас – кучӏдул. Юристас щибха нахъе толеб? Юристасе ас-\nлияб жо буго гьес гӏадамазе гьезие захӏматаб заманалда гьабураб кумек,\nгьел ритӏараб нухде ккезари.\nЗакон цӏунулезул гӏумруялъул хӏасиллъун\nкиданиги батуларо я гӏарац, я тӏадегӏанал хъулухъал. Ритӏухълъи\nцӏунаралъухъ халкъалъ гьабулеб къимат – гьеб буго юристасул унго-ун-\nгояб бечелъи, нахъе тараб давла!» — гьедин хъвана хвалда цебе къватӏибе\nбиччараб магӏнаялда хъвараб ракӏалдещвеязул «Захӏматалъ лъадарана\nдун» абураб тӏехьалъул цеберагӏиялда Дагъистаналъул мустахӏикъав\nюрист Гунащ Набиевас.\nРеспубликаялъул прокуратураялъул ва судалъул идарабазда гӏемерал соназ хӏалтӏарав, гьитӏинаб Гъозтала росулъ вижарав кӏудияв инсан – гьев дагьал церегӏан къояз нилъедаса ватӏалъана. Гунащ гьавуна 1936 соналъул 5 ноябралда. Цӏалана Дилим росдал школа-интернаталда. Хасавюрталда педучилищеги лъугӏизабун, захӏматалъулаб нух гьес байбихьана гӏагараб росдал школалда учительлъун хӏалтӏулаго. Гьал къоязда Гунащил тӏубалаан 84 сон. Гьесул гӏумру букӏана гӏажаибго берцинаб. Захӏмалъаби дандчӏвачӏеб, роцӏараб букӏун гуреб, гьелъул гӏаксалда, гьел къезарулаго, ритӏухълъи цӏунулаго ва гӏадамазе кӏвараб пайда гьабулаго араб. Гьелдаго цадахъ Гунащил гӏумру ана кутакалда захӏматго, щайгурелъул мискинлъиялъ къвал бараб рокъоса республикаялдаго цӏар рагӏарав судиявлъун вахъине ккани, бигьаяб гуреб заманалда нахъа тезе ккана бакъараб гӏолохъанлъиги захӏматаб гӏумруги. Гьел рукӏана рагъда цересел, рагъул ва рагъдаса хадусел сонал. Жиндирго ракӏалдещвеязда Гунащица хъвалеб буго: «Дида ракӏалда гьечӏо лъимерлъуда гӏорцӏизегӏан кваназе жо щвараб мех. Дир анищ букӏунаан жаниб мурапа бугел «къандалъо конфетазде». Дир ретӏел, тӏад рарал рукъабаз кинаб кьералъул ххамил букъарабали батӏа бахъизе лъалароан. Недегьав, хӏеренав колхозалъул гӏиял вехь инсуцаги, хъачӏай эбелалъги кин бугониги хӏаракат бахъулаан лъималазе захӏматалъулаб тарбия кьезе», — ян.\nРостовалда юридикияб институтги лъугӏизабун, Гунащ хӏалтӏизе ана «Ростсельмаш» заводалде. Ростовалда цӏалулаго, гьес, хъизамалда кӏудияв хӏисабалда ургъел гьабулаан рокъор хутӏарал вацазул ва яцалъул. Яц Умукусумие кумек гьабуна Буйнакскиялъул педучилище лъугӏун хадуб Ростовалъул университеталде лъугьине. Гьелъ гьенибго аспирантура лъугӏизабуна ва гӏелмабазул кандидатлъун ва докторлъун яхъана. Вац Гӏалиасхӏабие квербакъана Доналъул росдал магӏишаталъул институталъул ветеринарияб факультет лъугӏизабизе.\nЗаводалда хӏалтӏун хадув гӏолохъанав юрист витӏана Коми АССРалъул Сыктывкар шагьаралде, Воркутаялъул прокуратураялде ва гьениб мисалияб къагӏидаялда хъулухъ гьабуна.\n1970 соназда республикаялде тӏад вуссун хадуб 12 соналъ хӏалтӏана Дагъистаналъул прокуратураялда, амма гьениб хӏалтӏулъ тӏад ругезе бокьухъе «делаби гьаризе» данде чӏеялъ Гунащ гьениса нахъе ине ккана, ва 1977 соналда гьев тӏамуна Дагъистаналъул Верховный Судалъул членлъун. Гӏайиб гьечӏев чи тамихӏалде цӏазе виччангутӏи букӏана гьесул хӏалтӏул аслияб рахълъун. Гӏемерал рукӏана Гунащица тӏоцебесеб судалъ риччарал гьединал гъалатӏал ритӏизариялъул мисалал. Гьединаб, гӏадамазул гӏумру хвезабулел пишацояздехун гьесул гурхӏел гьечӏеб бербалагьиялъе букӏана гӏиллаги – жиндир заманалда школалда цӏалулев гӏолохъанчи, цо хасал жидерго мурадазе гӏоло гьев туснахъалде ккезавун вукӏана, амма хадусан, гьел мекъи рукӏинги бихьизабун, Гунащида тӏаса гӏайиб бахъана ва гьев эркен гьавуна. Гьединлъидал Гунащил хӏакъалъулъ гӏемер бицуна гьев лъалев вукӏарал, гьесда гӏумруялда цо нухалданиги дандчӏварал гьалмагъзабаз. Амма цонигияв дандчӏвачӏо гьес къадараб жо гьабунилан абулев чи.\nГунащица гӏаданлъи цӏунулаан, кинаб захӏматаб ахӏвал-хӏалалде кканиги. Гӏадамасул напсалъул хисардиялъул, цо-цоязул хъулухъалдаса чӏухӏиялъул бицунаго, жиндирго тӏехьалда, ракӏ белъун, хъвалеб буго, цадахъ хӏалтӏулаго, квана-гьекъон вукӏунев вукӏарав гьалмагъас гьев Верховный Судалъул председательлъун тун хадуса кабинеталде жаниве лъугьарав жинда «Мун щай гьикъичӏого вачӏунев? Кида дуда лъазе бугеб дун Верховный Судалъул председатель вукӏин?» – ан абиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса хадув тӏокӏав киданиги жив гьесул кабинеталде жиндие бокьун инчӏилан ракӏалде щвезабулеб буго Г. Набиевас.\nГьединав, тӏекъаб жоялда тӏад рекъоларев, жиндир профессионалияб ишалъе ритӏухъав, гӏадатиял гӏадамазе хӏалае ватулев, гӏадатияб гуреб къисматалъул бетӏергьан вукӏана юстициялъул генерал Гунащ Набиев. Гьединавлъун хутӏизе вуго гьев дагъистаниязул рекӏелъги."}
{"slug": "9921-sakhavatchagii-vatsal-murtazagialieval", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9921-sakhavatchagii-vatsal-murtazagialieval", "title": "Сахаватчагӏи – вацал Муртазагӏалиевал", "date": "2020-11-04 09:59:59", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏахьвахъ районалъул Кӏудиябросулъа вацал Гӏумар ва Мухӏамад\nМуртазагӏалиевазул хӏакъалъулъ рагӏичӏев чи Дагъистаналдаго ва-\nтиларо.\nГьезул кумек щвечӏеб росуги къанагӏат батиларо республика-\nялда. «Бацӏцӏадаб ракӏ» абураб рахӏму-гурхӏелалъул фондги гӏуцӏун,\nгьез кумек гьабуразул къадар азар-азар чиясдасаги тӏаде уна. РФялъул\nэркенаб гугариялъул рахъалъ федерациялъул вице-президент Гӏумар\nккола машгьурав бизнесмен, меценат, Москваялда гӏумру гьабун вуго-\nниги гӏагараб ватӏанги халкъги кӏочене толарев, гьезие кидаго куме-\nкалъе ватулев чи. Амма жакъа бицине бокьун буго гьесул гьитӏинав вац\nМухӏамадил хӏакъалъулъ.\n— Нижер руго анкьгоял, ай лъабго вацги ункъо яцги. Инсуца квербакъана нижее тӏадегӏанаб лъайги, лъаялда рекъараб хӏалтӏиги щвезабизе. Кӏудияв вац Гӏумар киназдаго лъала, гьев вуго Москваялда. Гьоркьохъев вацасулги буго жиндирго бизнес. Яцалги руго жиде-жидер хӏалтӏабазда. Дун вуго вацасда цадахъ гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул ишал тӏуралев. Дун вукӏана районалъул депутатазул собраниялъул председательлъунги.\nГӏахьвахъ районалъул цо-цо жамагӏатчагӏаз Гӏумарида абун буго нужеца гьадинги гӏемераб кумек гьабулин районалъе, гьабизе бугеблъиги лъалин, амма лъикӏаб букӏинаанин Мухӏамадица гӏахьаллъи гьабуни районалъул бетӏер вищиялъул рищиязда. Гьедин гьезги гьаридал, лъун буго дица дирго кандидатураги, — ян бицана гьес.\n— Мухӏамад, нагагь мун бетӏерлъун вищани, тӏоцебесеб иргаялда, щиб гьабизе ният бугеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда гьаризе руго нухал, бачине буго лъим ва газ. Гьеб лъабабго буго гӏадамазе бищунго хӏажатаб жоги.\nДицаги вац Гӏумарицаги тӏадчӏун тӏалаб гьабулеб буго ичӏго объекталъул. Цояб буго Хасавюрт районалъул Советское росулъ. Гьениб балеб буго, дунялалъул чемпион Забит Мухӏамадшариповасул гьариялда рекъон, спорталъул комплекс. Хасавюрталда балеб буго Аскер Аскеровасул цӏаралда бугеб спортивияб кӏалгӏа. Къамиш-хъутаналда бана амбулатория, мадраса, кверкьовул бакӏ, нухазде тӏуна хъил. Щибаб соналъ дица кьола Къамиш-хъутаналъул гимназиялдаги Кӏудиябросдал школалдаги лъикӏал къиматазда цӏалулел цӏалдохъабазе стипендия. Гьеб кӏиябго росдал школазе къваригӏарабщинаб чӏезабуна. Кӏудиябросулъ бана кибго гьечӏебгӏан берцинаб мажгит. Гьенибги буго тагӏзияталъе, мадрасаялъе рарал бакӏалги.\nКӏаратӏа росулъ букӏинчӏо жамгӏияб хӏажатхана, какал ралел бакӏал. Росу бакьулъ гьелги ралел руго. Нухал руго къачӏазе байбихьун. Нижеца хӏукму гьабун буго щибаб соналъ районалъе нусго миллион гъурущ гӏарац биччазеги.\nНилъеца щибго цадахъ босуларо ахираталъул рокъобе. Гьединлъидал кӏвараб хӏаракат бахъулеб буго дунялалда рукӏаго бажарараб лъикӏлъи гьабизе, ракьалда нижерго лъалкӏ тезе. Дица, вацасул кумекалдалъун, Москваялъул больницабазде ритӏула захӏматго унтарал. Гьединго ритӏулаан хӏежалдеги гӏадамал, ай санайил — 100-200 чи.\nДунялалдаго гьечӏеб гӏадаб лъималазул рукъги буго Гӏумарица Ставрополь шагьаралда бан, «Радуга» абун цӏарги кьун.\nКъокъго абуни, дир мурад буго район цӏи гьаби, гьеб тӏегьазаби. Цоги нухалда абуниги, дидаго цебе лъураб масъалаги буго цоги, ай росдал магӏишат цебетӏезабиги. Гьелдаго цадахъ хӏажат буго районалде газ бачинеги. Балагье, сверухъ ругел районазда буго газ, руго хъил тӏурал нухал. Гьединлъидал гьел санагӏалъаби рукӏинаризе ккола Гӏахьвахъ районалдаги. Лъел масъалаги буго бегӏерго цебечӏун. Гьеле гьеб лъабабго суалалде кӏвар кьезе буго.\n— Тӏолабго улкаялдаго гӏадин, республикаялдаги гӏолилазе хӏалтӏи гьечӏолъиялъул масъала буго цӏакъго бегӏерго цебе чӏараб. Щиб гьабизе ракӏалда бугеб гӏолохъаби росабалъ чӏезариялъе, гьезие хӏалтӏи букӏинабиялъул рахъалъ?\n— Гьебго хӏал буго дир гӏагараб районалдаги. Гӏолохъаби унел руго хӏалтӏи балагьизелъун къватӏире. Гьединлъидал ракӏалда буго районалда 250 чиясе хӏалтӏизе бакӏ бугеб завод яги фабрика, цех базе. Росаби чӏороголъулел руго, школазда лъималазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб масъалаялда тӏад ургъулел руго нижги.\n— Ленинкенталда бугеб цо къватӏалъе кьуна нужер инсул цӏар…\n— Цо нухалда Гӏумарица дида абуна гьадин: «Мухӏамад, нилъеца эмен вукъана Ленинкенталда, рачӏа гьенир ругел хабалал къачӏазе», — ян. Къого миллион гъурущги тӏад хвезабун, къачӏана. Гьенир чӏезаруна киналго санагӏалъаби — какал разе, какие чуризе бакӏал, жанибго буго бухӏарабгун цӏорораб лъим. Буго 300 машина чӏезабизе бакӏги. Дица Махӏачхъалаялъул администрациялде хитӏаб гьабуна хабал агьлуялда аскӏосан унеб нухалъе нижер инсул, ай Муртазагӏалил цӏар лъезе изну кьеян.\nБитӏараб бицани, гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицине рекъарабги гьечӏо. Лъалезда гьадинги лъала, лъаларезда лъачӏониги къварилъиги гьечӏо. Дида вацас абула, духъ бугеб гӏарац лъугӏизабизелъун гьабичӏого, гьабулеб хӏалтӏи мухӏканго гьабеян. Гьедин гьабизе хӏаракатги бахъула.\n— Гьаб захӏматаб, ай коронавирусалъул пандемия тӏибитӏараб заманалда щиб кумек гьабураб районалъе?\n— Кумек гьабуна гӏицӏго районалъе гуребги Дагъистаналъего. Щуазарго халгӏат, маскаби, къваригӏанщинал дараби щвезаруна хӏажатал бакӏазде.\n— Мун цӏакъ берцинго кӏалъалев вуго магӏарул мацӏалда. Гьебгиха, нужерго хасаб мацӏги букӏаго. Кин ругьунлъарав бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда кӏалъазе?\n— Гӏумарица кидаго абула гьадин: «Мухӏамад, мун магӏарул мацӏалда кӏалъалаго, вореха, гӏурус рагӏиги гьоркьоб речӏчӏизабун, хвезабуге гьелъул тӏагӏам», — илан.\nГьев живгоги кӏалъала бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда. Цоги, вацас абула гьанив рикӏкӏад вугеб мехалда жив урхъун вукӏунила магӏарул мацӏ бицунев чиясухъилан. Гьединлъидал нилъеца гьеб хвезе тезе бегьуларо."}
{"slug": "9922-ganzhegi-buznasa-nukhal-ul-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9922-ganzhegi-buznasa-nukhal-ul-khiak-al-ul", "title": "Гьанжеги Бузнаса нухалъул хӏакъалъулъ", "date": "2020-11-04 10:05:02", "categories": ["pismo"], "text": "Гьеб нухалъул хӏакъалъулъ дица «Хӏакъикъат» газеталде хъвалеб буго лъабабилеб нухалда. Цо нухалъ хъвараб газеталдаги бахъана ва дир гьелъие лъикӏаб къимат кьун Цӏумада районалдаса чияс хъвараб макъалаги биччана. Гьев чигун дун данд чӏвана Ветераназул госпиталалда ва гьесулгун лъикӏаб хабарги ккана.\nГьоркьоб лъикӏаланго заман индал, «Хӏакъикъат» газеталъ байбихьана, ,гьеб масъалаги борхун, цӏидасанги макъалаби рахъизе. Гьеб заманалда дицаги, гӏемерал хӏужабиги рехсон ва нух бахъулев Дибиров Мухӏамадкамилие рецц-бакъги гьабун, цоги макъала битӏана «Хӏакъикъаталде». Гьениб борхун букӏана туризм цебетӏеялъе гьеб нухлул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ суалги. Гьеб нухдасан унаго батула Ахӏулгохӏ, Сулахъ къварилъи ва гьенисан бихьула чӏикъдерил ракьалда бугеб чӏабатӏ бахъулеб бакӏ, Сулахъ гӏоралда тӏасан лъун букӏараб кьо ва гӏемерал цогидал бакӏалги. Газеталъул жавабияв секретарь М.-Хӏ. Махӏатӏовас рагӏи кьун букӏана макъала газеталда бахъизеги. Амма щаялиго гьеб къватӏибе бачӏинчӏо. Къватӏибе бачӏана нижерго районалъул Лъаратӏаса Гӏабдулгъаниев Ниязбегил «Халкъалъе хӏажатаб халкъияб нух» абун цӏар лъураб макъала. Цо заманалда хабар букӏана ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Артем Здуновас хӏукму гьабун бугин гьеб нухлул проект гьабизе гӏарац биччазейилан. Гьелъулги хабар къотӏана. Лъаратӏаса Ниязбегин абуни вуго нухлул хӏалтӏи ирсалъе щварав чи. Гьесул эмен Гӏабдулгъани вукӏана хвезегӏан нухазда хӏалтӏарав чи, гьединго кӏудияв вац Хӏажиги вукӏана нухазул мастер. Ниязбегица В. Ивановасухъе кагъатги хъван букӏун буго гьеб нухлул бицун, амма жаваб бачӏун буго тӏаса бихьизе хъвараб гӏадаб магӏнаялъул.\nАхирал соназда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго нухазде, росабалъцин къачӏалел руго къватӏал. Мелъелтӏаса Гъагъалъе гьабулеб буго лъикӏаб нух. Гьелъие бихьизабун рагӏула 260 млн гъурущ. Амма «Халкъияб нух» гьардухъабазул нухде буссине тун буго.\nДун битӏахъе нечола щибаб «Хӏакъикъат» газеталда Бузнаса нухалъе кумек гьабеян хъвараб баян цӏалидал. Гьеб гьардей релълъун буго унтараб лъимер бугел эбел-инсул букӏунеб хитӏабалда.\nКибго бицунеб букӏуна «Безопасные и качественные автомобильные дороги» абун. Щай Бузнаса нух гьеб программаялде гъорлъе бачине бегьулареб? Гьелдаса кӏвар цӏикӏкӏаралищ ругел цогидал нухал? Дида ккола Бузнаса нухалдаса кӏвар цӏикӏкӏараб хӏалтӏи магӏарул районазе цоги гьечӏин.\nГендерил туннелалъе ремонт гьабизе ун буго 9 млрд гъурущ. Гьелъул цо 10 бутӏагӏаги Бузнаса нухалъе биччарабани, гьеб цебего лъугӏун букӏинаан.\nХириял магӏарулал, магӏарул районазул бутӏрул, Дагъистаналъул парламенталъул депутатал, кье гьеб нухде кколеб кӏвар, лъе гьеб суал сессиялда гьоркьоб. Гьари буго, халкъалъ кьучӏ лъураб «Халкъияб нух» бахъун рагӏалде бахъинабизе бажарарас бажарараб кумек гьабеянги. Бегьилаан газеталдасан къватӏибе загьир гьабизе лъица кигӏан гӏарац гьелъие кьурабалиги."}
{"slug": "9933-insult-giolokh-anl-un-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9933-insult-giolokh-anl-un-bugo", "title": "Инсульт «гӏолохъанлъун» буго", "date": "2020-11-05 07:25:13", "categories": ["med"], "text": "Статистикиял баяназда рекъон, инсульт ккарал унтаразул 10-15 про-\nцент ккола 18-50 сонил ригьалъул гӏадамал. Медицинаялъул цӏех-рехал\nгьарулел гӏалимзабазги абулеб буго, гьелъие гӏилла бугин гӏолохъанго\nхъалиян бухӏулел, кьаралъарал, гипертониялъ ва чакрил диабеталъ ун-\nтарал гӏадамал гӏемерлъи. Хехал тадбирал гьаричӏони, гӏагараб зама-\nналда инсульт лъугьине бегьула хӏалтӏизе бажарулел, ай жеги жаналда\nругел гӏадамазул ругьунал унтабазул цояблъунинги абулеб буго гьез.\nЩибаб соналда Россиялда инсульт ккола гӏага-шагарго 150 азарго чиясул. 2008 соналдаса 2016 соналде щвезегӏан унтаразул къадар цӏикӏкӏана 25 проценталъ. Инсульт чӏезабиялъул, гьеб ккарасул сахлъиялъе цӏикӏкӏараб зарал ккунгутӏиялъул ва гьесие хехаб кумек гьабиялъул мурадалда щивав инсанасда лъазе лъикӏаб буго гьал хадусел тадбирал:\n— пуланав чиясул инсульт бугищали лъазе, гьесда гьаризе ккола гьимеян яги цаби рихьизареян абун. Инсульт бугев чиясухъа гьеб бажаруларо ва гьесул кӏалалъул цояб рахъ далунги букӏуна;\n— унтиялде щаклъи бугев чиясда гьарула кверал гӏебеде ритӏеян (90° бокӏон лъугьунедухъ – гӏодов чӏун вугони ва 45° — вегун вугони). Инсульт бугев чиясул цояб квер далухъе хутӏула;\n— гьаре гьесда цо щиб букӏаниги абизе, дуда хадубниги такрар гьабизе – инсульт бугесухъа бажаруларо магӏна бичӏчӏуледухъ предложение бицун;\n— ахӏе хехаб кумек – 4-4,5 сагӏаталда жанив тохтурзабазухъе щварав чиясул сахлъи цӏунизе гӏемерго бигьалъула. Инсульт ккараб мехалда аслияб зарал щола ботӏрол гӏадалнахуе, ай жагъаллъула гьенир ругел бидурихьазул хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ гӏадалнахулъ лъугьуна «пенумбра» абураб зона – гӏадалнахулъ хӏалтӏи цӏилъизабизе рес кьолеб бакӏ. Гьебги гьабизе бигьалъула инсульт ккаралдаса хадусеб 4-4,5 сагӏтил заманалда. Гьединлъидал бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏуна инсульт ккеялъул щаклъи бугев унтарав хехаб заманалда кардиологиялъул больницаялде щвезави.\nКин цӏунилел инсульталъукьа?\nКиданиги инсульт ккечӏелги ва цогӏаги нухалда гьеб ккаралги гӏадамазе гьабулеб кумек букӏуна батӏи-батӏияб. Профилактикаялъул мурадалда цин чӏезаризе ккола инсульт ккеялъул хӏинкъи бугел хӏужаби: чиясул жинс, ригь, хъизам- тухумалда инсульт ккарав чи вугищали, артериалияб гипертония, хъалиян бухӏи, чакрил диабет, рекӏел кьабиялъул ва липидазул обменалъул хиса-басиял, кӏудиял бидурихьазул\n(сонная артерия) атеросклероз, кванил гӏадлу хвезаби, кьаралъи (хасго абдоминалияб тайпа), цо бакӏалдаса щуричӏого хӏалтӏи. Рехсарал хӏужаби жиндилъ тӏатарав чи ине ккола тохтурасухъе ва халгьабизе\nккола бидулъ чакрилгун холестериналъул къадар хисун бугищали. Тохтурас малъизе буго кванил низамги гьекъезе кколел дарабиги. Цӏех-рехазул хӏасилалдалъун, бищунго тӏибитӏараб ва кӏвар цӏикӏкӏараб хӏинкъилъун ккола гипертония. Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарав чиясул инсульт ккеялъул хӏинкъи гӏемерлъула 2,5 нухалъ. Гӏалимзабаз абулеб буго, профилактикаялъул тадбираздалъун гӏадамазул 80 процент хвасарлъизе бегьулила инсульт ккеялдаса. Инсульт ккарал гӏадамазул 10 процентниги бажарула тӏубанго сахгьарун. Гьелъие гӏоло къеркьезе ккола неврологалги, логопедалги, психологалги,\nэрготерапевталги ва цогидалги махщелчагӏиги. Кӏудияб кӏвар буго щивав унтарасе реабилитациялъул хасаб программа чӏезабиялъулги. Хехго сахлъизави бараб букӏуна гӏадалнахул жагъаллъараб бутӏаялъул\nроценалдаги, ригьалдаги, цогидал унтаби рати-ратунгутӏиялдаги ва унтарасул рекӏел хӏалалдаги. Инсульт ккаралдаса лъагӏелгӏанасеб заманалда жигаралда цӏилъула гьеб ккеялъул хӏасилалда «риларал» аслиял функциял: кӏалъазе бажари, кверал щуризаризе кӏвей ва гь.ц."}
{"slug": "9977-zekhidasel-razi-garuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9977-zekhidasel-razi-garuna", "title": "Зехидасел рази гьаруна", "date": "2020-11-09 12:51:31", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чанго соналъ къачӏачӏел нухал ритӏизаруна\n«Дир Дагъистан — Дир нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, Цӏунтӏа районалъул Зехида росулъе бугеб нухлул кӏиго километр къачӏан лъугӏана 27 октябралда. Гьеб росулъе нухал къачӏалаго бан букӏана чанго сон. Цӏадал ранщинахъе иххал рахъун, гвендазул цӏун цӏакъ тӏаса квер босун хутӏун букӏана машинаби хьвадулеб нух. Гьанже росдал гӏадамал рази руго кагъат гӏадин ритӏарал нухал къачӏан кьуралъухъ.\nГьединго, Зехида росдал жамагӏаталъ, росулъ рукӏа-рахъиналъул суалал роцӏинаризе кумек гьабуралъухъ баркала кьуна республикаялъул нухмалъиялъеги."}
{"slug": "9978-ungo-l-im-shcholebani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=9978-ungo-l-im-shcholebani", "title": "Унго, лъим щолебани…", "date": "2020-11-09 13:09:10", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хасавюрт районалъул Теречное росулъ гӏумру гьабун руго Цӏумада районалъул Гьаквариса, Болъихъ районалъул Гъодобериса ва Зибирхьалиса магӏарулал. Гьеб росдал бегавуллъун Мухӏамад Идрисов вищаралдаса нахъе гӏемераб заманги гьечӏо. Гьев вуго Теречное росулъ гӏурав, гьеб росдал школалда цӏаларав чи.\nСаратовалда бугеб МВДялъул школа лъугӏун хадув хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул Советский районалъул, Болъихъ ва Хасавюрт районазул жанисел ишазул органазда. Хӏалтӏулаго лъугӏизабуна ДГУялъул юридикияб факультетги. Хӏухьбахъиялде ине заман щведал, подполковникасул чингун росулъе тӏад вуссиндал, вищана бегавуллъунги. — Дида мухӏканго лъала гӏодовги чӏун гӏадамазул тӏалабал тӏуразаризе бажарулареблъи. Гьале гӏадамаз бакӏарараб 350 азарго гъурщихъ босана къоло щуго тонна лъел жанибе бакӏаризе рес бугеб алат. Гьеб рекъезабизе унев вуго, бокьани цадахъ вилълъа, — ян абуна гьес.\nДун гӏемер щола Теречное росулъе. Гьениб буго Советское, Первомайское, Ахъбулатюрт, Дзержинское, Октябрьское росабазул гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе ва унтарал сахгьариялъе рагьараб бакӏалъулаб\nучастковияб больница. Тӏадехун рехсарал росабалъа руго гьанир хӏалтӏулел тохтурзабиги. Больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго Дзержинское росулъ гӏумру гьабун вугев Гӏабдулбасир Рамазановас.\nЦо-кӏиго соналъ цере лъуна росдал депутатазул кумекалдалъун гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарцухъ росарал рогӏрал ва щибаб росдал къотӏнобе чвахана артезианалъул гьекъолеб лъим. Гьеле гьеб буго\nгӏадамазул гъункиялъул, цолъиялъул, цадахъ рекъон хӏалтӏиялъул хӏасилги. Гьединго, Теречное росулъ фермералги данделъун гӏуцӏана росдал магӏишаталъул производствияб кооператив. СССР биххилалде цебе\nгьениб Ждановасул цӏаралда бугеб колхоз букӏана. СССР бихханиги, биххун букӏинчӏо Теречное росулъ колхоз. Букӏарабго къагӏидаялъ цӏунун хутӏун букӏана хадусеб цо чанго соналъги. Амма ахир-къадги,\nпачалихъалъул рахъалдасан кумек букӏинчӏолъиялъул хӏасилги батила, тохлъана колхозалъул ишги, бикьа-къотӏун щивасе кьуна бекьулеб ракь, рагьана рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишат.\nТракторал, комбайнал, юк баччулел машинаби киназего пайдаялъе хӏалтӏизаризе тана. Гӏемерал нухмалъулел хисана «Жданова» СПКялъул, гьеб гӏуцӏаралдаса араб 24 соналда жанир. Жакъа гьелъие нухмалъи гьабулеб буго хӏалбихьи бугев зоотехник Хӏажи Баудиновас. — Гьале нижер бугеб буголъи. Кинабго техникаги гьаниб буго, — янги абун, бихьизабуна Хӏажица рии бачӏинегӏан хӏалхьиялда ругел комбайнал. Исана ракъдаллъи букӏиналъ ролъул ва пурчӏинадул хаслихъе хьон хьай дагьаб нахъе бахъун буго. Гурхӏизе ватила Тӏадегӏанав Аллагь, разе ратила цӏадал, — ан бицана гьес. — Хурзал лъалъазе гьечӏеб лъел хас гьабун\nбицинчӏогоги бегьуларо. СССРалъул заманалда Теречное, Октябрьское, Дзержинское, Советское, Ахъбулатюрт росабазул рагӏалдаса букӏа, росу бакьулъан букӏа чвахулеб канал кидаго цӏун букӏунаан.\nЛъим гӏунги тӏокӏ букӏиналъ лъикӏаб бачӏин бакӏарулаан могьолал культурабазулги, бахчабазда рекьарал хъарпуз-пастӏаназулги. Гьанже щибха ккараб? Анцӏгониги сон батила Теречный каналалъуб лъим тӏагӏаралдаса. Канал бацӏцӏине кколин цояз абула, лъел кубометразухъ гӏарац кьезе кколин цогидаз абула, росдал магӏишаталъул кооперативалги гӏуцӏун, къотӏи-къаял хъвазе кколин лъабабилезги бицуна. Харбал гӏемерлъиялъ гӏадлу хун буго. Дица цин щуазарго гъурущ, хадуб анкьазарго гъурущ кьун кӏиго нухалъ дагьалго къояз рагьизабуна кооперативалъул 250 гектаралда бекьараб ролъ ва пиринчӏ хьан бугел хурзал лъалъазе канал. Гьел гӏиси-бикъинал къатӏраби кинго гӏоларо хурзабазе. Гьединабго хӏалалда руго харибакӏал, боцӏи хьихьулел авлахъал. Лъим щвечӏого гьенибги бижулеб хер тӏубанго бакъван буго.\nДРялъул мелиорациялъул ва лъел магӏишаталъул министрасухъе кӏалъан вукӏана 22 июналдаго. Гьес жаваб кьуна кӏиго рагӏудалъун: «Понял. Помогу», — абун. Чан моцӏха араб? Абураб бакӏалдаго хутӏана\nминистрасул рагӏи. Хадубги хитӏаб гьабун кагъат хъван букӏана Хасавюрт районалъул бетӏер Жамбулат Салавовасухъе. Гьале ункъо моцӏана, жаваб жеги бачӏинчӏо.\n— Кинха гьадинаб ахӏвал-хӏалги букӏаго, кооперативалги рагьилел, фермеразул ассоциациялги гӏуцӏилел? Гьедин бугониги, Октябрьское росдал гӏадамазги, лъикӏаб букӏинеселде ракӏчӏараб хьулгун, рагьун букӏана жидерго росдал магӏишаталъулгун производствияб кооператив. Гьелда цӏарги лъун букӏана «Тидали» абун. Гьеб рагьилалде цебе, гӏемерал соназ «Аксай» совхозалъе нухмалъи гьабурав росдал магӏишаталъул\nгӏелмабазул кандидат Хӏамзат Гӏабдулкаримовасул кумекалдалъун анцӏго гектаралда чубукал чӏана. Лъикӏ бижана, амма лъалъазе лъим гьечӏолъиялъ кинабго хӏалтӏи гӏадада ккана. Сулахъалъул лъим бачӏунаан расги квалквал гьечӏого. Гьебги хӏисабалде босун, дол совхозал чӏаго ругеб заманалдаго букӏараб, жакъаги хӏалтӏизе биччазе бегьулеб хӏалалда буго лъим тӏинкӏун лъалъаялъул (капельное орошение) система. Амма кисаха лъим щвелеб? Октябрьское росулъа лъим гӏарцухъ кьезе шлюз рагьулеб Бамматбекюрт росулъе щвезегӏан кӏикъого километралъул манзил буго. Каналалъул нухда ругел росабазул гӏадамаз кӏванкьадисезул ракьазде щвезегӏанго бикъа-хъамун лъугӏизабулеб буго гӏарацги кьун босараб Сулахъ гӏорул лъимги. Гьедин бугониги, цӏунизе кӏвелин абураб хьулгун рагьун букӏана кооператив. Баркала\n«Дагъвино» тресталъе, кӏудияб кумек гьабуна гьелъ: анцӏго гектаралда чӏезе цӏолбол гъабу, хӏубал, кварал кьуна. Хӏалтӏизе гъира букӏана гӏадамазул. Тӏадежоялъеги, цӏолбохъанлъиялъул иш мухӏканго\nлъалев Хӏамзатги вукӏана кидаго гӏадин хал гьабулев. Пайда щиб, гьаб нухалъги лъалъалеб лъел суал роцӏинабизе кӏвечӏо. Гьедин къазе ккана «Тидалиги», — ян бицана Рамазан Мухӏамадовасги.\nГьал киналго сапаразулъ, кӏалъабасаязулъ дунгун цадахъ вукӏана Октябрьское росулъа, инхокъварисезул рахъалдасанги росдал магӏишаталъулгун производствияб кооператив гӏуцӏизе бокьарав\nЮсуп Хӏусенов. Жиндир заманалда Россиялъул рикӏкӏадаб ракьалда гӏуцӏун букӏана гьес кооператив. Хӏалбихьи букӏиналъ гьеб ишалде тӏаделъизе бокьун бугоан гьеси ва Дагъистаналда кин гьеб гӏуцӏун бугебали лъазаби букӏана гьесул мурадги. Гьев разилъана Хӏажи Баудиновас гьабулеб хӏалтӏудаса. Амма жиндирго гӏагараб росулъ Хӏажида гӏадин гӏадамал цолъизаризе кӏвей щакаб бугин бицана Юсупица.\nПалхӏасил, гьадинаб хӏал буго гӏатӏиракьалда ругел росабазул жамагӏатазул."}
{"slug": "10013-respublikayal-ul-zhurnalistazulgun-dandchlvaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10013-respublikayal-ul-zhurnalistazulgun-dandchlvaj", "title": "Республикаялъул журналистазулгун дандчӏвай", "date": "2020-11-14 10:01:01", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов 12 ноябралда дандчӏвана республикаялъул журналисталгун. Гьениб бицана коронавирусалъ унтарал цӏикӏкӏунел рукӏи налъулги, республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏезабизе хӏажат букӏиналъулги, миллиял проектал тӏуразе ккеялъулги, спорталъулги\nва цогидал суалазулги хӏакъалъулъ. Масала, миллиял проектал рихьдае гӏоло гурел, унго-унголъунги гӏадамазул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялъе гӏоло тӏуразаризе кколин абуна республикаялъул бетӏерас. Спорталъул рахъалъ абуна нилъер гьанир цӏар рагӏарал спортменал рахъунел рукӏинги лъикӏ бугила, амма массовияб куцалдаги машгьур гьабизе къваригӏун бугила. Гьединго гӏемерисезе интерес ккана Сергей Меликовас жив соцсетазда вукӏунарин абидал. Киб бугониги нужеда жиндир цӏар хъвараб гьумер бихьани, гьев жив гурин абуна гьес.\nГьелдаса хадур блогерал соцсетаздасан хъвадаризе лъугьана Меликовасул цӏаралда ругел гьурмал гьересиял ругилан.\nГьеб баян гьабулаго, С. Меликовасул пресс-секретарь Низами Хӏажибалаевас абуна ДРялъул бетӏерас абулеб бугин хас гьабун\nжив хъвадарулеб гьумер гьечӏин соцсетазда. Амма ругила хӏакъикъиял гьурмал — гьесул ишазул хӏакъалъулъ хъвалел."}
{"slug": "10023-duj-pamyatnik-bugo-magiarul-kuru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10023-duj-pamyatnik-bugo-magiarul-kuru", "title": "Дуй памятник буго магӏарул кьуру", "date": "2020-11-16 10:31:07", "categories": ["barkiyal"], "text": "М. Ахӏмадов вуго унго-унгояв шагӏир, таржамачи, публицист, гӏемерал тӏахьазул автор.\nГьев вуго кӏудияб пагьму-гьунар Бетӏергьанасдаса насиблъарав, гӏакъилав, тавакалав, лебалав, кӏвахӏ гьечӏев, жиндир къалмикьан бачӏунеб щибаб рагӏулъ бихьинчилъи, бахӏарчилъи бессизе бажарарав чи. Шагӏирасул бажари буго жинца хъвалебщиналъулъ щибаб рагӏи кколеб бакӏалда, къадалъ гамачӏ гӏадин, рекъезабун лъезе.\nГьев чӏухӏун ва вохун вукӏуна нилъер умумузул бахӏарчилъиялдаса, гьезул къвакӏиялдаса, тӏаде ккараб къо баччизе кӏолеб лебаллъиялдаса. Амма гьесие цӏакъ рихарал руго хиянат, хӏилла-макру, ай нилъер гӏумруялъул иццул бетӏер хъублъизабулел хъантӏарал, къабихӏал, гӏамал кӏудиял гӏадамал.\nДагъистаналъул халкъияв шагӏирас жиндирго асаразулъ рорхана ва рорхула инсанасул, жамгӏияталъул, адабияталъул кӏвар бугел масъалаби. Шагӏирасда гӏемер лъикӏ бичӏчӏула кинаб заман бачӏун бугебали ва, гьелъул хӏисабалги гьарун, шигӏрабалъ бессула гӏумру.\nМагӏарул росулъа вас Мухӏамад, улкаялъул адабияталде вачӏана халат рахъун ралел цӏадазул ихх гӏадин, рорхатал мугӏруздасан пулеб гьури гӏадин, хӏалуцун. Гьев кидаго вукӏана ва вуго жиндирго хаслъи бугев, лъицаниги такрар гьавуларевлъун. Критиказ гьев киданиги гогьдаризавичӏо, адабияталъул агьлу гьесухъ щаклъигун балагьана. Жиделъ цӏилъиги, хаслъиги, хинлъиги, рацӏцӏалъиги букӏиналъ, нух бахъана гьесул асараз цӏалдолезул ракӏазулъе. Жиндиего бищун къиматаб хазиналъун Ахӏмадовас рикӏкӏуна гӏагараб росу Гьонода – гьев гьенив гьавуна, гӏуна ва, Москваялде — Литературияб институталде цӏализе инегӏан, гьесул гӏумруги ана гьениб. Мугӏруз хасаб асар гьабула инсанасе. Гьез рекӏел асарал хӏалуцинарула, гӏадамал цоцазе гӏагар гьарула, гӏун бачӏунеб гӏел куцала бахӏарчилъиялъе, инсанасул рухӏияб къвакӏи лъадарула. Гӏагарал мугӏрул ккола поэтасул творчествоялъул балъголъи рагьулеб кӏул. Гӏадада гуро Мухӏамадица абураб жив мугӏрузе налъулав кколин.\nКиве кканиги, шагӏир жиндихъего цӏала гӏагараб гъанситоялъул цӏадул кунчӏиялъ. Гьев пашман гьавун вуго ахирал соназда лъикӏаланго чӏороголъарал росабалъгицин ахӏвал-хӏал рахӏат хвараблъун лъугьун букӏиналъ:\nКодоб тӏамурги ккун, тӏамулеб бакъан\nТӏагӏун буго гьанже росдал тӏохазда.\nМадираби гьечӏо, гваял лъугӏана,\nМадугьалзабазул вацлъи беццлъана.\nДир лъимерлъиялда магӏна букӏана\nМагӏарул ракьалда кьалбал риччараб:\nЧанги маргьабазул гьуинлъи лъана,\nГьоцӏо рахьдал мацӏалъ мацӏалда хъвана.\nНилъеда лъала Дагъистаналъул литературияб гамил цевехъанлъунги гӏемерал соназ Мухӏамад Ахӏмадов вукӏин. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъе гьес бетӏерлъи гьабулеб буго 2003 соналдаса нахъе.\nДагъистаналъул адабияталъе бигьаяб заманлъун букӏинчӏо гьеб. Амма Мухӏамадида кӏвана къадаралъул рахъалъ Россиялда бищун чӏахӏиязул цояблъун кколеб Хъвадарухъабазул союз цӏунизе, гьелъул хӏалтӏи цебехун бачине. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз лъугьана нилъер миллатазул рахьдал мацӏал цӏунулеб ва гьел мацӏазда хъварал асарал халкъалъухъе щвезарулеб алатлъун. Цебе ва гьанже заманалъул хӏакъалъулъ хъварал Ахӏмадовасул асаразулъ гьарзаго дандчӏвала дунявияб ва рухӏияб рохел жиделъ загьирлъулел гурелги, нилъер халкъалъ гӏасрабаз хӏехьезе ккараб гӏакъуба-къварилъиги, захӏмалъиги. Гьединлъидал дица тӏад-тӏад вуссун цӏалула гьел ва хӏаракат бахъула гьезулъ бахчун бугеб гъварилъи ва балъгояб магӏна бичӏчӏизе. Гьел асараз нилъее загьир гьарула халкъалъул рухӏияб рацӏцӏалъи, гӏадатиябги гӏорхъолъа борчӏарабги, цогидал миллатазулалда релълъарабги ва гьелдаса цӏакъго батӏалъулебги тарих. Тарихияб ритӏухълъигун «Кавказалъул гьалдолел къоязул» къиса хъвазе тӏаде босун, гьеб масъала тӏубазабуралъухъги тӏадегӏанаб рецц-бакъалъе мустахӏикълъана шагӏир. Шагӏирас гӏедегӏичӏого, ракӏчӏун тӏамуна жиндирго шигӏрияб махщалил борхалъиялде гали, махщел-гьунаралъул балугълъиялде вахана ахӏи-хӏур гьечӏого. Гьеб бихьула магӏарул ва гӏурус мацӏазда рахъарал гьесул «Хаслихълъиялъул сагӏат», «Къоял», «Сонал», «Жугьа», «Поэт»,\n«Балъгояб сагӏат», «Хъахӏаб рас» ва цогидалги тӏахьал цӏалидал. Щивав шагӏирас нахъе тола жиндирго школа. Гьеб школа буго Мухӏамад Ахӏмадовасулги – хадур рачӏунел гӏолохъанал шагӏирзабаздаса гьес\nтӏалаб гьабула ракӏ рагьараллъун, жидерго пикру бугеллъун рукӏин. Гьес кӏварабщинаб гьабулеб буго Дагъистаналъул литература яхӏ-намусалъул ва инсанасда рекъараб хьвада-чӏвадиялъул матӏулъун, рахьдал мацӏал такрарлъи гьечӏеб хазина букӏин бичӏчӏулел гӏадамал цолъизарулеб къуватлъун лъугьинабизе. Киназего захӏматаб гьаб заманалда гьес кӏварабщинаб гьабулеб буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазда кверчӏваялъе.\nАхӏмадовасул поэзиялъе хасиятаб буго философияб лирикаялде цӏайи букӏин, поэт тӏад-тӏад вуссун машгъуллъулев вуго инсанасе даималлъун кколел хазинабазул хӏакъалъулъ пикрабазде, гьев ургъулев вуго инсанасул гӏумруялъул магӏнаялда, хьвада-чӏвадиялъул нухазда тӏад. Жиндирго гвангъараб гьунаралдалъун ва унго-унгояб рекӏел бухӏиялдалъун Мухӏамад Ахӏмадовас ракӏ-ракӏалъго хъулухъ гьабулеб\nбуго нилъер бищунго къиматаб хазиналъун ва бечелъилъун кколеб тӏадегӏанаб, чӏагояб, къадруяб рахьдал мацӏ цӏуниялъе ва цебетӏезабиялъе. Гьеле гьединлъидал гьесул творчествоялъул буго\nцӏикӏкӏараб щулалъи, къвакӏи. М. Ахӏмадов ккола Ватӏаналъул мустахӏикъав вас, жамгӏияв хӏаракатчи ва гьебго заманалда гьев вуго рагьараб ракӏалъул киназего кумекалъул квер\nбегьизе хӏадурав инсан. Гьеле гьелъ буго тӏолабго Россиялда гьесул адаб-хӏурмат гьабулебги. Поэтасул пикраби кидаго сверулел рукӏуна гьесул рекӏее хӏалхьи толареб цоги суалалъ – гӏумруялда поэзиялъ ва поэтас кколеб бакӏалъ. Нахъеги гьеб суалалде шагӏир тӏад вуссунев вуго «Поэт» абураб прозаялъул тӏехьалда. Тӏехь гӏуцӏун буго нилъер тарихалъул ва жакъа себ гӏумруялъул бицарал гӏажаибго берцин\nхъварал бутӏабаздасан, гьеб лъугьунеб буго цогояб художествияб рахъалъ камилаб тӏансалъун. Цӏалдолесда цебе чӏола умумузул бахӏарчияб тарихги, жакъасеб гӏумруялъул рухӏияб хъарцинлъиги, чороклъиги, хъантӏиги, хӏакимзабазул рахӏму гьечӏолъиги ва гӏадатияб халкъазул къварилъабазул ралъад лъугьун букӏинги. «Поэталда» абизе бегьула Дагъистаналъул гӏумруялъул энциклопедийилан.\nГьебго заманалда тӏехь ккола шагӏирасул рекӏел ахӏи. Рекӏел ахӏийин абуни цо рахъалъулаблъун букӏунаро. «Поэталдаги» бичизе кӏолареб гарацӏлъун цоцалъ рухьун, журан руго нилъер гӏасруялъул ва жакъасеб къоялъул цӏакъго захӏматал суалал. Шагӏирасе хасиятаб буго метерисеб къоялда божи, гьев божула инсанасда. Шагӏирас жиндиего кьолеб буго гьадинаб суал: «Поэзия щиб кколеб?» — абун. Жинцаго гьадинаб жавабги кьолеб буго: «Поэзия ккола дудаго лъачӏого дуе тарбия кьолеб тӏадегӏанаб рухӏияб къуват. Кечӏ цо къоялъе, цо моцӏалъе, цо лъагӏалие хъвалеб жо гуро. Поэзия ккола гӏемераб заманаялъе нахъе толеб\nшагӏирасул гӏумруялъулги гьунаралъулги лъалкӏ. Хиси гьечӏеб намусги, яхӏги, гӏаданлъиги, гӏамал-хасиятги хутӏула гьелда цадахъ», — ан. Тӏолабго гӏумруялдалъун, гьарулел къадруял ишаздалъун, жиндирго щибаб тӏехьалдалъун М. Ахӏмадовас нилъее киназего мисал бихьизабула творчествоялда тӏад хӏалтӏиялъул, тӏаде босараб ишалдехун гьабулеб бербалагьиялъул рахъалъ. Мухӏамадги гьесул поэзиялъул тӏадегӏанлъиги бичӏчӏизе бокьаразе цохӏо «Гӏарафат» абураб поэма цӏаланиги гӏола. Гьеб буго шагӏирасе Бетӏергьанасдасан кӏудияб гьунарги махщелги насиблъун букӏиналъе нугӏлъи гьабулеб асар. Ва\nаслияб жо, гьеб цӏалараб мехалда нилъеда цеве чӏола цеве вукӏаралдасаги батӏияв, гӏасрабазул гъварилъуде, исламалъул кьучӏде ваккарав цӏияв шагӏир — Мухӏамад Ахӏмадов."}
{"slug": "10024-il-er-tari-al-e-egi-ka-u-ragun-ge-io-iemgia-guroni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10024-il-er-tari-al-e-egi-ka-u-ragun-ge-io-iemgia-guroni", "title": "Нилъер тарихалде жеги каву рагьун гьечӏо, чӏемгӏа гурони", "date": "2020-11-16 11:06:15", "categories": ["rel"], "text": "Ахираб къого соналда жаниб нилъер тарихалда, адабияталда ва маданияталда хурхун тарихчагӏаз, гӏалимзабаз, гьединго гӏагараб ракь лъазабулез хъван къватӏире рачӏана анцӏ-анцӏ тӏахьал. Къадаралъул рахъалъ тӏолабго советияб гӏуцӏиялъул заманалда рахъараздаса дагьал гьечӏел гуребги, гьел руго бугеб хӏалалъе, заманалъе битӏараб къимат кьун, хӏакъикъат рагьарал, ай партиялъул идеологиялъул мугьру тӏад чӏвачӏел.\nДагъистаналъул, магӏарулазул тарихалъул хӏакъалъулъ хъвараб анцӏила микьго тӏехьалъул автор ккола Чӏарада мухъалъул Гӏириб росулъа Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул федералияб цӏех-рехазул централъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, тарихиял гӏелмабазул кандидат Шагӏбан Хӏапизов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Гьанжесел гӏемерисел тарихчагӏаз жидерго хӏалтӏабазда тӏадчӏей гьабулеб буго ХӀX гӏасруялда, хасго Кавказалъул рагъда. Дур гӏемерисел хӏалтӏаби руго ХVI-ХVIII гӏасрабазул тарихалда хурхарал…\n— Хӏакъикъаталдаги ХӀX гӏасруялда, лъабавго имамасул бетӏерлъиялда гъоркь унеб букӏараб къеркьеялда хурхун хъвадарулел авторал, тарихчагӏи, хӏатта хъвадарухъабигицин дагьал гьечӏо. Рукӏаниги Кавказалъул рагъул жеги гӏемерал рагьичӏел гьурмал, цӏех-рех гьабичӏел архивалъулал ва цогидал документал руго. Гӏамм гьабун абуни, нилъер тарихалде жеги каву рагьун гьечӏо чӏемгӏа гурони. Мисалалъе, мадугьалихъ, Кавказалда ругел азербайжаназул, гуржиязул ва цӏамалазул (эрмениязул) тарих тӏубанго хъван лъугӏун бугин абизе бегьула. Советияб заманалда гьезул жидерго рукӏана гӏелмабазул академиял, цӏех-рехазул институтал, букӏана финансазулаб ресги. Дотациялда бугеб нилъер республикаялъул гӏелмуялде харж гьабизе гьезулгӏан рес букӏинищха. Гьелъ абулеб буго дица жеги нусго соналъги цӏехон, хъван бахъунарин нилъер тарих.\nБукӏана цо заман пачаясул Россиялъул историографазда хадурги ун Дагъистаналда «доклассовое общество», патриархалияб гӏуцӏи букӏанин хъвалеб. Гьеб гьедин гьечӏолъи, нилъер гьанибги феодализм букӏин кьучӏал хӏужабаздалъун бихьизабуна машгьурал тарихчагӏи Хӏажимурад Хашаевас ва Расул Мухӏамадовас.\nДирго рахъалъ абуни, дица цӏех-рех гьабула цересел гӏасрабазул документазул, хъвай-хъвагӏаязул, гьел цӏехон дица гӏахьаллъи гьабула институталъ тӏоритӏулел эпиграфикиял, археографиялъул ва этнографиялъулал экспедициязда.\n— Гьезул хаслъи щиб, щиб цӏехолеб, гӏелмуялъе кинал хӏужаби гьез рагьулел?\n— Эпиграфикиял экспедициязда рагьула, цӏехола ганчӏазда, заназда, минабазда, некӏсиял мажгитазда ганчӏазда гьарурал тӏадхъваял. Гьездасан лъала кида, лъица мажгит барабали, мина кида, лъица барабали, щив гьелъул бетӏергьан вукӏаравали. Заназда гьарурал хъвай-хъвагӏаяз бицуна щив чи вукӏаравали, кин ва кида хваравали. Цо мисал, Тӏинди нижеда батана Надир-шагьасде данде багъулеб букӏараб багулазулгун чӏамалазул бодул цевехъан Денгал зиярат.\nЭтнографикиял экспедициязда цӏехола росабазул, тухум-кьибилал, цебесеб тараджимал, гӏумру, рукӏа-рахъин, бакӏазда цӏарал, гӏадамазул некӏсиял цӏарал ва гь. ц.\nАрхеографиялъул экспедициязда цӏехола цересел квералъ хъварал махтӏутал (рукопись). Гьездасан лъала лъица гьеб хъварабали, хъвараб бакӏ, кинаб мадрасаялда, дарсал кьолев щив чи вукӏаравали, кинаб тӏехь кьочӏое босун хъварабали, щиб заманалъул кагъат гьебали ва гь. ц. Гьездасан тарихалъе гӏемераб кӏвар бугел баянал щола. Гьедин экспедициялде араб бакӏалда, Буйнакскиялда, цо пуланав чиясул рокъоб батун нижехъе щвана 300 соналъ цебе хъвараб тарихияб асар. Гьелда бицунеб буго 400 соналъ цебе Дагъистаналда тӏалъи гьабиялъул мурадалда турказда, Ираналда ва гӏурусазда гьоркьоб къеркьей байбихьиялъул.\nТарихалдасан лъала, гьоркьохъел гӏасрабазда магӏарулазул букӏана чанго халкъ гьоркьобе бачараб Сарир абураб Кавказалдаго кӏудияб пачалихъ. Экспедициязул сапаралда кодобе щвана Суракъат нуцаласул вас Баярил цӏар тӏад хъвараб пахьул гӏарац. Гьелъги тасдикъ гьабулеб буго Сарир пачалихъ кьучӏаб, кӏудияб, жибго жиндаго чӏараб гучаб пачалихъ букӏиналъе.\n– Археографиялъул экспедициязул заманалда цӏехарал махтӏутал кьолищ нужехъе, институталде? Гьел гӏемер ругищ хасал гӏадамазухъ?\n— Къанагӏат бугониги цо-цояз кьола. Гӏемерисез кьоларо, цӏунун рукӏуна хъизамалъул бечелъи хӏисабалда, цогидазухъа ричун росула ва кьолел гьечӏони, нижеца гьезул копияби рахъула.\nНекӏсиял махтӏутал гӏемер руго магӏарул росабалъ, амма гӏемерисел цӏунун хутӏичӏо. Гӏарабист, мунагьал чураяв Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадил рокъоб цӏунун буго кӏиазаргогӏанасеб рукопись. Гьесул ирсилаз гьеб цӏунун буго, гьезул цӏех-рех гьабизеги рес гьечӏо.\n— Нужер институталъул хъвавул фондалдаги гӏезегӏан документал, хъвай-хъвагӏаял ратила. Гьезул таржамаялда тӏад нуж хӏалтӏулищ яги гьадинго ракӏарун данде гьарунищ толел?\n— Институталъул бакъбаккул махтӏутазул фондалда буго гӏараб, гӏажам, парс, турк мацӏазда хъвараб ункъазаргоялдаса цӏикӏкӏун документ. Гьезда тӏад хӏалтӏулел руго мацӏалги лъалел, лъайги бугел гӏалимзаби – Махӏач Мусаев, Рамазан Гӏабдулмажидов, Мухӏамад Шейхмухӏамадов, Жамалудин Маламухӏамадов, Шамил Шихгӏалиев. Жеги чанго гӏел гӏалимзаби тӏад хӏалтӏизе гӏураб материал буго хъвавул фондалда.\n— Цебе щибаб росдал гӏадатал хъварал хъвай-хъвагӏаял рукӏун руго. Нахъе цӏунун цӏакъ дагьалго гурони гьечӏо…\n— Исламияб дин нилъер гьаниб щулалъилалдего хъваралги гьелдаса хадур хъваралги росабазул цолъабазул гӏадатал рукӏана. Гьезда дандечӏун рукӏана доб заманалъул гӏалимзаби – Къудукьа Мусалав, Гӏурадаса Ибрагьим-хӏажи. Гьез абулеб букӏана, гӏадаталги рехун тун, шаргӏалде рачӏине кколин. Гьезул рагӏи доб мехалъ тӏубанго билълъанхъизабичӏо. Ваккана Гъазимухӏамад имам ва гьес байбихьана шаргӏ билълъанхъизабизе, гӏадатал хвезаризе. Гьеб цебе бачана хадуб Хӏамзатбегица ва Шамилица. Кодоре щварал гӏадатал хъварал хъвай-хъвагӏаял гьез рухӏана, тӏагӏинаруна. Тарихалъе нахъе хутӏичӏин ккола Гӏуммахан нуцалас (гьесда Гӏадилавилан абулаан, хвана 1634 соналда) XVII гӏасруялъул авалалда хъварал гӏадатал. Руго балъго цӏунун нахъе хутӏун рукӏарал цо чанго гӏадатазул хъвай-хъвагӏаял. Мисалалъе, гьидерил хутӏун руго росабазул цолъабазул балъ – гӏадатал. Гьединго гьенир руго имам Шамилил къеркъей лъугӏун хадуб хъваралги гӏадатал. Пачаясул Россиялъул Дагъистаналда рукӏарал тӏадчагӏаз нилъер гӏадамал гьесизаруна гӏадатал хъваялде, щай абуни, гӏадаталги цӏунун ругезда тӏад халкквей бигьаяб букӏана. Гьезие къваригӏун букӏана шаргӏ къинабизе. Шаргӏ тӏибитӏизабулаго имамзабаз гьабураб къеркьейги дандчӏейги гьезда бихьун букӏиндал.\n— Нилъер тарихалъе кӏвар бугел некӏсиял хъвай-хъвагӏаял, махтӏутал Дагъистан тун къватӏире ине рес бугищ?\n— Гьеб буго бищун ракӏ унтараб жо. Араб гӏасруялъул 50-70-абилел соназда гуржиязги цогидазги кепказухъ магӏарул росабалъа ракӏарана хунжрул, хвалчаби, цогидалги алатал, тӏагӏелал. Хадуб даргиязул росабалъа рачӏарал даранчагӏазги хутӏаралда тӏад жул бахъана. Ахираб анкьго-микьго соналда жаниб чанго азарго рукопись бичун буго Чачаналъе. Гьезул кьучӏалда гӏуцӏун буго доба хъвавул фонд, магӏарул росабалъа бакӏарун гьел дорехун ричаразда гьоркьор магӏарулалги ругин бицана. Гьезул цӏарал рехселаро, хьул буго хадубккун гьез гьеб даран рехун телин.\nГьелда цӏар щиб лъелеб? Лъавукълъийищ, гӏадаллъийищ? Гӏарцухъ нилъерго миллаталъул рухӏияб ирс бичи кколарищ гьеб?\n— Гьабсагӏаталда сунда тӏад мун хӏалтӏулев вугев?\n— Гьаб гӏагараб заманалда къватӏибе бачӏине буго некӏсиял цӏирагьарал документалги, архивазул материалалги кьочӏое росун, Мухӏамад Шейхмухӏамадовасгун цадахъ XVIII гӏасруялъул магӏарулазул тарих хъвараб тӏехь. Хъван рагӏалде бахъунеб буго магӏарул нуцалзабазул хӏакъалъулъ тӏехьги.\nДица цӏехон балагьана нуцалзабазул наслуялъул гӏадамаз гӏумру гьабулел росаби. Гьел руго Къеди, Мелъелтӏа, Гьоцӏалъ, Гьандихъ, Гӏандадерил росабалъ, Буртиналъ, Эрпели, Жунгуталда, Сивухъ (Хунзахъ район), Чачаналъ (гьезул ракьазулги гӏураб къадар аваразул ханлъиялда гьоркьоб букӏана), Турциялда (гьенире гочун арал мугьажирзабазда гьоркьор). Гьеб сияхӏ тӏубараб гьечӏо, жеги цӏех-рех гьабизе буго.\n— Кин гьедин нуцалзабазул наслу батӏи-батӏиял бакӏазде ккарал?\n— Нуцалзабазул лъимал, наслу гӏураб мехалда гьел ритӏулаан нуцаллъиялъул росабалъе, гьезие ракьги бакӏалги рихьизарун. Гьелги думалъго гьенир чӏолаан."}
{"slug": "10025-yakhi-namus-tsiunaral-umumuzul-naslabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10025-yakhi-namus-tsiunaral-umumuzul-naslabi", "title": "Яхӏ-намус цӏунарал умумузул наслаби", "date": "2020-11-16 11:15:26", "categories": ["kultur"], "text": "«Рагъул лъимал» — гьединаб букӏана 5-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ тӏобитӏараб конкурсалъул тема. Февралалдаса маялъул ахиралде щвезегӏан газеталъул гьурмазда рахъана цӏалдохъабазул хӏалтӏаби.\nКонкурсалда гӏахьаллъарал Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги цӏалдохъабаз нижехъе ритӏун рачӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал гӏагарчагӏазул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби. Рахъун рукӏана авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул сураталги.\nГьале гьаруна конкурсалъул хӏасилалги. Гӏахьалчагӏи рикьун рукӏана кӏиго номинациялде: тӏоцебесеб номинация – 5-8 классал, кӏиабилеб – 9-11 классал.\nТӏоцебесеб номинациялда чӏел босана Болъихъ районалъул Мигӏарсо росулъа Хӏайбат Гӏабдулаевалъ. Цӏалдолезда ракӏалда батила «Лъабцӏул тезе ккана рижараб росу» абураб гьелъул макъала. Гьениб бицен гьабун буго 1937 соналда Гӏалахъ росулъ гьаюрай Шумайсат Хӏажимухӏамадовалъул къисматалъул хӏакъалъулъ. Цо гӏаданалъул гӏумруялъул мисалалда Хӏайбатихъа бажарана тӏолабго росдал жамагӏаталъул къисмат цебе лъоледухъ тема рагьун. Рагъул соназда Чачаналде гочинабураб Шумайсатил хъизамалъ лъабго нухалда хисизе ккана гӏумру гьабулеб бакӏ. Авторалъ гьадин бицунеб буго, Гьоркьохъеб Азиялдаса тӏад руссинегӏан чачаназул минаялда гьабулеб букӏараб магӏишаталъулги, цо параялъ, гьебги бетӏергьабазухъе тӏад буссинабун, гӏагараблъун лъугьараб бакӏ тезе ккеялъулги хӏакъалъулъ: «Цо къоялъ бакъанида нижеда лъаларел гӏадамаз рагьана каву. Азбаралда жанире лъугьарал бихьиназ, цебе кверги ккун, гьабулеб букӏана дугӏа. Гьезда цадахъ рачӏарал руччабазул, лъималазул гӏодиялъ ниж киналго рокъоса къватӏире кӏанцӏизе ва хӏинкъизе гьаруна. Киналго гӏодоре риччараб мехалда лъана, гьел гьалбал рукъалъул бетӏергьаби рукӏин. Эбелалъги, чачаназул руччабазда цадахъ лъугьун, киназего гӏураб квен хӏадурана. Гьеб сордоялъ ниж киналго цадахъ, цо гъанситохъ гӏодор чӏун, кванана. Сордо рогьинегӏан эбелалъ нижерго ретӏел, къайи-къоно бакӏарун, тӏатӏала лъуна. Радал хехго вахъун, эмен ана нижерго къайи тӏад лъезе машина балагьизе. Нижеда тӏаса лъугьаян рукъалъул бетӏергьабазда гьарун, къалъилелде къокъана ватӏаналде», — ян. Бичӏчӏулеб буго, согӏаб заманалъул кьварараб закон хӏалтӏулеб букӏаниги, улкаялъул нухмалъиялъул тӏекъал ишаз халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялда кьватӏел ккезабичӏеблъи.\nКӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Ленинкенталъул №35 гимназиялдаса Камалодин Хӏайдарбеговги Мухӏамад Хӏасанхӏусеновги. «Захӏматалъ лъадарарай, яхӏалъ тарбия кьурай» абураб макъалаялъул багьадур Бахдикай-кӏодоца бицунеб буго «захӏмалъи бугин, ракъун ругин абун, къо рехараб хабар бицинчӏого», араб лъимерлъиялъулгун гӏолохъанлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб макъала цӏалулеб мехалда якъинго цебечӏола рагъул соназул лъималазул гӏумруялъул щибаб къо.\n«Бицине хӏинкъараб квешаб макьу гӏадин» гӏумру арай кӏудияй эбел Калимат Гӏусмановалъул хӏакъалъулъ бицунеб Гъизилюрт шагьаралдаса Гӏайшат Хӏабибовалъул макъалаялда. Гьелъиеги жюриялъ кьуна кӏиабилеб бакӏ. «Хӏакъикъаталъул» сайталда лъураб гьелъул хӏалтӏи цӏалун ва бокьун бугоан 165 чиясе – гьеб ккола цӏалдолез гьаракь кьеялъул рахъалъ бищунго тӏадегӏанаб хӏасил.\nЛъабабилеб бакӏалде ккана Хасавюрт районалъул Къарланюрталдаса Султангӏали Маллаев ва Мухӏамад Хӏусенов.\n9-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Мигӏарсо росдал школалдаса Патӏимат Лабазанова. «Хӏакимчиясул гӏадал калошал» абураб гьелъул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьун бугоан 163 чияс. «Ретӏел – гьеб букӏана чӏортоялда тӏад чӏортоги букъун, кинаб кьералъул ххам букӏарабали лъалареб», — ан бицунеб буго макъалаялъул багьадур Биасланова Патӏиматица. «Я нижго яги эбел унтулел аниян рукӏунаан цадахъ цӏалулел ясал, гъоб, гьалмагъалъ беццулеб, манный карщги, кинабалиго «борщги» кваназе щвезе бокьун» — гьале гьелъул кӏалдисан рагӏулел дол соназул лъималазул анищал.\nКӏиабилеб бакӏ жюриялъ кьуна Болъихъ районалдаса Шамай Гӏабдулмуслимовалъул «Диплом гьечӏев гӏалимчи» абураб макъалаялъе. Гьениб бихьизабун буго 1931 соналда гьавурав ва магӏарул мацӏалъулгун адабияталъул цӏалул тӏахьазул авторлъунги машгьурав педагог-методистлъунги вахъарав Ахӏмад Хӏамзатовасул лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ. Эбелалда цадахъ Каспиялъул рагӏалда хӏалтӏизе ккарав васас тӏуразарулел рукӏана батӏи-батӏиял хъулухъал: «Батагъалъул василан» цӏарги лъун, киназдасаго бищун гьитӏинав Ахӏмад, лъил кинаб хъулухъ кканиги, гьениве вортизавулев вукӏун вуго. Хадув гьев ругьун гьавун вуго «барабан» абулеб жо хӏалтӏизабизе. Токалъ хӏалтӏизабулеб гьеб «барабаналъ» ралъдал лъадалъа къватӏибе цӏан бачӏунеб букӏун буго ччугӏил цӏураб гьин». Рехселин Ахӏмадил лъимерлъиялъул цо лахӏзат: «Кӏудияй яцалда ракӏ гурхӏун, Ахӏмадица лъим цӏун, рукъ бацӏцӏун, боцӏи жанибе буссинабун, цо-цо мехалъ гӏачи речӏчӏунцин ратулаан. Гьесдаго тӏадкъан букӏана гьитӏинав вац Аминил тӏалаб гьабизеги».\nЛъабабилеб бакӏ щвана Къарланюрталдаса Хӏамзат Хӏусеновасе.\nКонкурсалда гӏахьаллъана вузазул студенталги. Гьезда гьоркьоб хасаб сайгъатгун диплом щвана ДГУНХалъул студентка Саихӏат Нурмухӏамадовалъе.\nКонкурсалъул хӏасилалги гьарун, бергьенлъи баркизе редакциялде ахӏун рукӏана цӏалдохъабиги гьезул учительзабиги. Киназего кьуна дипломалги, хӏурматалъул грамотабиги, сайгъаталги. Хасаб баркала кьуна нижеца редакциялъулгун бухьен гьабизе цӏалдохъабазулъ гъира базабурал насихӏатчагӏазе: Къарланюрталдаса Мухӏамадрасул Расуловасе, Ленинкенталдаса Патӏимат Хӏайдарбеговалъе, Мигӏарсоса Жамилат Хӏамзатовалъе.\nКонкурсалъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна Жамилат Хӏамзатовалъ: «Дагъистаналъул рахьдал мацӏазул къоялде Болъихъ районалъул администрациялде ахӏун рукӏана магӏарул мацӏалъул учительзаби. Гьениб диеги кьуна районалъул нухмалъиялъул рахъалдаса грамотаги сайгъатги. Дица гьениб бицана «Хӏакъикъаталда» тӏобитӏараб конкурсалъулги хӏасилал гьариялъулги хӏакъалъулъ. Хасаб кӏвар кьуна редакциялъул хӏаракаталде, гьез нижее гьабураб гьоболлъиялде. Хьул буго хадусел конкурсаздаги гӏахьаллъизе рес щвеялде, районалъул цогидал школазул цӏалдохъабазги гьениб бутӏа лъеялде», — ян.\nКватӏичӏого лъазабизе буго цӏияб конкурс. Бокьилаан гьелда гӏахьаллъизе цогидал районаздасаги цӏалдохъаби."}
{"slug": "10026-gorol-ebelaldasa-khadub-bertadul-kechi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10026-gorol-ebelaldasa-khadub-bertadul-kechi", "title": "«Гьорол эбелалдаса» хадуб – «Бертадул кечӏ»", "date": "2020-11-16 11:21:40", "categories": ["lit"], "text": "Чанго батӏияб халкъалъул бакъанги жубазабун, нилъер цо-цо кочӏохъаби цого бакӏ мерхьунел ругебгӏан мехалда, Мордовиялдасаги ячӏун, эрзяназул миллаталъул кочӏохъан Ежевика Спиркиналъ\nкӏиабилебги магӏарул кечӏ лъазабуна ахӏизе.\nГьебги ккола умумузул «Бертадул кечӏ». Чӏунтараб Гъамсукь «Гьорол эбелалъул» хӏакъалъулъ бахъараб гье лъул клипалъ гӏезегӏан ахӏи-хӏур гьабун букӏана гъоркьиса. Цоязе къваригӏун букӏана гьелъ гьениб магӏарул миллияб ретӏел ретӏине. Цогидаз гӏайиб чӏвана, гьанжесеб къагӏидаялде буссинабулаго, гьелъ умумузул бакъан хвезабун бугин абун.\nКин батаниги, нилъер росу-ракьги маданиятги бокьарал гӏадамазда сверухъ рикӏарди рекъараб гьечӏо. Аслияб куцалда гьелъ машгьур гьарулел руго нилъер бакъналги, рукӏа-рахъинги, цогидабги.\nЧанго сон буго Ежевика Дагъистаналде ячӏунелдаса. Хасго Фейсбукалда гӏемер рихьула Гумбет районалде гьелъ гьарурал сапараздаса видеоял. Гьанжегӏагарги бугоан гьеб районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏумардибировас пандурги хъван, Ежевикаца магӏарул кечӏ ахӏулеб бахъараб видео. Гьединго, республикаялда гӏезе гӏан музыкантазулгун, журналистазулгун, художниказулгун лъай-хъвай ги буго гьелъул. Гьей ккола «Ойме» абураб музыкалияб къокъаялъул солистка. Гьел аслияб куцалда некӏсиял, халкъиял кучӏдузда тӏад хӏалтӏула. Ежевикаца бицана гьанже жинца тумазулгун даргиязул кучӏдулги лъазаризе ругилан.\n«Гьорол эбелалъулги» «Бертадул кечӏалъулги» хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъе» гьадин бицана гьелъ.\n— Ежевика, нижерго гьаниса кочӏохъаби машгъуллъун руго гӏицӏго поп-музыкаялде, цого коцонир чӏварал гӏадал учузал кучӏдул ахӏиялде. Лъаларо этномузыка гьезда нахъе ккараблъун, бецӏаблъунищ бихьулеб бугебали…\n— Бакътӏерхьул улкабаздаса рок-музыкантазги цогидазги гӏемер хӏалтӏизарула халкъиял кучӏдул, церегосел кьурдаби. Гьедин гьезие къваригӏун букӏуна жал цогидаздаса батӏиял рукӏин бихьизабизе. Киназго цоцада релълъун ахӏулеб бугони, халкъалда чӏалгӏинарищ?\n— «Бертадул кочӏол» запись киб гьабураб?\n— Цин дирго гьаракь хъвана Тӏалхӏат Кантуловасул студиялда. Цинги умумузул бакъанги цогидабги гъорлъе бачун, къачӏа-кӏатӏан, аранжировка Москваялдаги гьабуна. Масала, Авартеатралдаса зурмихъанги гӏахьал гьавуна нижеца бакъан хъвалеб мехалда. Амма гьанжесеб къагӏидаялда хӏалтӏизе гьесие захӏмалъулеб букӏанин ккана. Гьебго жо букӏуна нижер дора гӏурусазул халкъиял кучӏдул ахӏулел кӏудабазулги. Гьанжелъагӏан ругьунлъараб куцалда гурони, дагьабниги хисизабун, жакъасеб къагӏидаялда данде ккезабун кечӏ ахӏизе, бакънал рачунел алатал хӏалтӏизаризе гьезие захӏмалъулеб буго.\n— Социалиял гьиназда цояз хъвалеб буго дур «Бертадул кечӏ» гӏараб, гӏурус ва магӏарул бакъналги журазарун ахӏулеб бугилан.\n— Дагъистаниязул хасият гьединаб буго — цо чи цо жоялда тӏад рекъани, чара гьечӏого цогидав гьелда данде чӏолеб.\nГӏараб бакъан аскӏобе гӏагарунгицин гьечӏо гьениб. Буго 1990-абилел соназда Латиналъул Америкаялда баккараб, гьанже дунялалдаго машгьураб реггетон абулеб ахӏул ва кьурдул къагӏида. Гьеб кечӏалъе кутакалда данде ккана гьеб. Пандрил бакъаналда дандеги ккола гьеб.\nЖибго гьаб «Бертадул кечӏ» «Гьорол эбелалдаса» гӏемерго батӏиябги буго. Ахӏизе бачӏунеб букӏин гуребги, гьелда гъоркь кьурдизеги бегьула.\n— Гьеб лъица дуда ракӏалде щвезабураб?\n— Цо бакӏалда рагӏун букӏана, кибали чӏванкъотӏун лъаларо. Амма гьеб гӏезегӏан машгьураб кечӏ бугин абуна дида. Кутакалда асар гьабуна гьелъ дие. Дагъистаниязул кучӏдул, аслияб куцалда, рокьул хӏакъалъулъ ругин тана дица. Масала, Мордовиялда, гьезего гьечӏин абизе бегьула гьел. Ниж, эрзянал (Мордовиялда гӏумру гьабулеб халкъ – ред.), дагъистаниялго гӏадин, гьоболги хириял, ракӏ жубарал чагӏиги руго. Амма рокьул хӏакъалъулъ кучӏдул нижер рукӏунаро. Руго, масала, тарихалъул ва батӏи-батӏияб заманалда нижер рукӏарал церехъабазул бицунел кучӏдул.\n— «Гьорол эбел» ахӏун хадуб дуде балеб «гъегъги» камичӏо. Масала, лугбал гъорлъан рихьулеб парталгун, чӏунтараб Гъамсукь росдада цееги эхетун кечӏ ахӏулей йикӏанилан.\n— Букӏана. Миллияб ретӏел ретӏине кколаанин рукӏана цо-цоял. Амма гьебги ретӏун цее яхъарайаниги абилаан, миллияб ретӏел ретӏине хъулухъ щибин дир букӏарабилан. Гьел чагӏазул цонигиясин абуни дида гьикъичӏо Гъамсукь росдада цееги чӏун, щиб дие къваригӏун букӏарабали. Дица абуни гьениб магӏарулалъул роль гуро хӏалеб букӏараб, «гьорол эбелалъул» (биценазулъ, маргьабазулъ магӏарулаз рехсолеб персонаж – ред.) роль хӏалеб букӏана.\nРакӏалда гьечӏого дир дандчӏвай ккана диде гӏайиб-гъвел гьабун хъвадарулел рукӏарал чагӏазулгун. Амма гьезул цонигияс такрар гьаричӏо дол гӏайибал. Ракӏ-ракӏалъ Дагъистаналде дица загьир гьабулеб букӏараб рокьи бихьидал, гьел руцӏцӏун чӏана.\n— «Бертадул кечӏалъе» мужалат хӏисабалда бахъараб унго-унгояй магӏарул бахӏаралъул гӏадаб суратги бугоан дур.\n— Дица гьеб Махӏачхъалаялда этноцентралда бахъана. Амма жибго сураталда дир балагьи цӏакъго сихӏираб бугин, магӏарул чӏужугӏаданалъ берал дагьалъ нечадго гӏодоре руссинарулин, яги цо рахъалдехун балагьулин гьейилан, малъа-хъваялги гьарулел рукӏана цо-цояз. Амма дир балагьиялъулъги кӏудияб бегьунгутӏи гьечӏо. Гьеб гуребги, жалго дагъистаниязги абула дида Дагъистан батӏияб рахъалдасан бихьизабеян.\nЖалго магӏарул руччабиги нижер эрзянкабазда (Мордовиялдаса руччаби – ред.) релълъарал руго – гьез цин хӏехьола иш ахиралде щвезегӏан, цинги абула ракӏалда бугебщинаб жо.\n— Бищунго щиб лъазабизе дуе захӏмалъараб: рагӏабийищ яги бакъанищ?\n— Узухъда, дир халкъалъулаздаса тӏубан батӏияб свери-хъвериялъул бакънал руго магӏарулазул. Гьединлъидал дун цин гӏемер мехалъ гӏенеккана архивазда ругел магӏарул халкъиял кучӏдузухъ. Масала, Муи Хӏасановалъухъ. Гьеб рахъалъ дие Тӏалхӏатицаги (Кантуловас – ред.) квербакъана. Кутакалда бигьа букӏана гьевгун цадахъ хӏалтӏизе.\nМагӏарул хӏарпал рахъизеги цӏакъ захӏмалъана дие. Хасго «х», «г» хӏарпазда хурхарал гьаркьал.\n— Гьеб кӏиябго кечӏалъул магӏна бичӏчӏулищ дуда?\n— Бичӏчӏичӏони, дихъа гьел ахӏун бажарилароан. Дир продюсерасги гьикъула кидаго сундул бицунебин бугеб пуланаб мацӏалда (масала, эрзяназул) ахӏулеб кочӏолъилан.\n— Кӏиябго кечӏалъул кинаб ахӏизе дуе захӏмалъараб?\n— «Гьорол эбел». Тӏоцебе ахӏулеб кечӏги букӏиндалха.\n— Магӏарулго гӏадин, тумазул ва даргиязул кучӏдулги ахӏизе ругин бицана дуца.\n— Гьел рукӏина къокъал ва тӏубан батӏияб темаялда тӏасан. Масала, тумазул мацӏалда – хӏалтӏул кечӏ, дарги мацӏалда – цӏад гьариялъул хӏакъалъулъ кечӏ."}
{"slug": "10027-mukhiamad-khiasanov-allagase-shchukru-k-ojilgo-gabe-l-ikil-iyal-tsiunulin-balagazdasa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10027-mukhiamad-khiasanov-allagase-shchukru-k-ojilgo-gabe-l-ikil-iyal-tsiunulin-balagazdasa", "title": "Мухӏамад Хӏасанов: Аллагьасе щукру къойилго гьабе, Лъикӏлъиялъ цӏунулин балагьаздаса!", "date": "2020-11-16 11:34:23", "categories": ["kultur"], "text": "Мугӏалимлъиялъе гӏумруги кьунин,\nМагӏарухъ гӏурал нилъ мугӏруздаго лъикӏ.\nКӏодолъи балагьун берал рагьичӏин,\nРосдал агьлуялъул узденлъуда лъикӏ.\nЛъикӏлъиялъе бараб борхатаб хъала,\nБуго цӏалдохъабаз цӏунизе кьураб.\nКириялъе хъвараб хазинаб зарра,\nХалкъул гӏаламалъе лъилъизе гӏураб.\nИхдал балеб гӏазу гӏурдае регьел\nБудунасул как\nХӏамзаласе\nРогьалилъ ахӏулеб будунасул как,\nСири балеб буго дир гьаб черхалда.\nАллагьасда цеве какикьжоялда,\nКвералги цере ккун дугӏаялда дун.\nРекӏел тӏеренлъиялъ тӏинкӏулеб магӏу,\nАллагь рехсолелъул лъугьунеб хӏасрат.\nЧорхолъе рещтӏунеб гьаб сабурлъиялъ\nСунареб гвангъилъун кенчӏолеб рокьи.\nОгь гӏумру, гӏадамал, гӏасилъуге нуж,\nГӏодор риччай, дагьалъ цере ралагье.\nРакӏазе хӏеренлъи, чорхой сабурлъи –\nХӏалкӏолев Аллагьас насиб гьабеги.\nНухда батулареб, мухь кьун щолареб\nГӏицӏго лъикӏлъи буго гьаниб ракьалда.\nРогьалил какица амру гьабураб\nИман буго даим дир рекӏелъ рещтӏун.\nМацӏихъанасде\nРагьараб гьумерги, гьимулеб кӏалги,\nКӏалдисан угьулеб хинаб хӏухьелги,\nБерзул балагьиялъ бакулеб канги,\nКаранлъан гьалдолеб махӏцараб ракӏги.\nРикӏкӏадасан кьолеб кьогӏаб саламги,\nКьерхадулъ хисулеб согӏаб гӏамалги.\nГӏаданлъидулъ толеб турараб махӏги,\nТохлъидулъ бессулеб сурараб яхӏги.\nНахъасан речӏчӏизе къачӏан гуллаги,\nГабуралда къараб къватӏулаб мацӏги.\nЦӏаруде баччулеб гучаб рогьоги,\nРачлиде борчулеб чучаб намусги.\nНахъегӏанлъиялъул гӏаламат буго,\n«Гӏаданлъун» вихьизе хӏалев чиясулъ!\nХӏалихьалъиялъул цо ламарт буго,\nБерцинаб мацӏ лъалев мацӏихъанасулъ.\nГъенараб тӏанхилъан тӏегь баккуларо\nХӏелуге, хӏелуге мун хӏакимасе,\nХӏалтӏизе тарав дов дуй хъулухъалъе.\nЧӏваге наку, гьудул, гьев залимасе,\nЗагьрулъизе гурин аб гӏаламалъе.\nГьаб гӏумру чирахълъун свине биччаге,\nСвараб кунчӏиялъе нур бакуларин.\nГьаб гӏищкъу ракьалда дулъ гъаримлъуге,\nГъенараб тӏанхилъан тӏегь баккуларин.\nТӏогьилаб кьер чӏвала хъахӏаб савуялъ,\nХъачӏаб заз хӏенчола чучаб хъерехъалъ.\nЧангит хӏерен ккуни, хӏетӏ низамлъула,\nНамус борхат лъуни, лъалкӏ узданлъула.\nЧӏегӏерал ганчӏаллъун цӏорона ракӏал\nНамусалъул кваркьи карандеги цӏан,\nЦӏадул мацӏ паркъола памятникалъухъ.\nПашманаб сихӏкъотӏи къезеги гьабун,\nКъисматалъ унтарай угьдула кӏодо.\nУлкадул картаги кодобе босун,\nКанлъи сварал бералъ бецӏцӏула магӏу.\nМакьилъ бихьаниги ботӏролъ гъугъалеб\nБакӏаб гӏарададул гӏодула гьаракь.\nЦӏарал хабзалазул заназда хъвачӏел,\n«Хъахӏал къункърабилъун» роржана рухӏал.\nВасал руссиналъухъ ралагьун чӏарал,\nЧӏегӏерал ганчӏаллъун цӏорона ракӏал.\nРикӏкӏада къанщана къваридал сонал,\nКъарнуялъ бегана батӏияб тӏамач.\nТӏогьиллъарал кагътаз керен бухӏидал,\nКвалула гӏинзуниб гӏунулеб гьаракь.\nГьанже хӏанчӏаз руго бакънал тӏамулел,\nКӏочараб талихӏалъ тавбуги гьабун.\nРогьалил гьуриялъ буго щурулеб,\nЩакърахун тамихӏалъ магӏуги бацӏцӏун.\nИхдал балеб гӏазу…\nМахӏачхъалаялда цӏад балеб бугин,\nЦӏорорал мугӏрузда гӏазу чӏанадай?\nИхдалида гъутӏби тӏегьалел ругин,\nТӏогьол расалъуда саву кканадай?\nИхдал балеб гӏазу гӏурдае регьел,\nХасалил балеб цӏад цӏорое регьел.\nБалъго гьабурабгӏан…\nКкураб кӏалгицини балъго гьабулеб\nБугебин аманат узденчиясулъ.\nБараб какилцини кирилъун хъвалеб\nХасаб цо гӏаламат гӏилмучиясулъ…\nБалъго борхарабгӏан хӏежги камилаб,\nКантӏун гьабурабгӏан гӏибадат цӏакъаб.\nШамилиде\nЖакъа бокьилаан борхун хвалченгун,\nХъахӏаб айгъиралда Шамил вачӏине.\nМуридзабазул бо хадубги гьабун,\nГьев къадруяв Имам нахъеги щвезе.\nКъан чӏолареб барти, бахӏарчияб черх,\nБоялги хадургун тӏад вусса, Шамил!\nДухъ урхъун бесдаллъун руго гьал мугӏрул,\nВехь гьечӏеб гӏи гӏадин буго Дагъистан!\nДур анищаб кьвари, кьучӏаб буюрухъ,\nГьеб гьечӏого буго гьаб халкъ гъапуллъун.\nЦо рагӏиялдаса кьурулареб гьа,\nГьелъул къимат гӏечӏел руго гӏасилъун…\nХӏурул мухъ тӏад гьабун тӏамун бартигун,\nВусса, Хӏажимурад, мун чабхъадаса.\nЧанги духъ урхъарал, мун кӏочон течӏел,\nЧӏухӏарал васазул Дагъистаналде.\nКвешлъи гӏемерлъараб, лъикӏлъи дагьлъараб\nДур магӏарул улка цӏилъизабизе!\nИмамас бахъараб цӏияб буюрухъ\nНахъ валагьичӏого тӏубазабизе.\nХвалчаца къотӏуге, къалмида гьикъе\nРогьалилъ киниде тӏадеги къулун,\nКъиблаялде юссун, дир цӏарги абун,\nЭбелалъ хӏалимго, рахьдал мацӏалда,\nРагьулаан дие дунялалде нух.\nКочӏолаб квацӏиги каранлъе регӏун,\nГӏенеккулаан дун долъул рагӏабахъ.\nКинидал мокъихъе къвал дидаги бан,\nКъочун гьелчолаан бухӏараб хӏухьел.\nАхх диеги бачун роол къоялда,\nКъокъунаан магъилъ хӏалтӏизе эбел.\nХӏал гӏолебщинабги жинцаго гьабун,\nГьелъ жиндирго макьу кьолаан дие.\nКьижулароан гьей гӏицӏаб сардида,\nГӏишкъуялъ къечарай къочулаан гьей.\nКъирулаан горду, бацӏцӏадаб гьава\nБецӏлъиялда данде диде хъамизе.\nРогьалил гӏужалда, ворчӏамийилан,\nЧӏолаан разиго дихъги ялагьун.\nГьелъул калимаялъ кинабго рокъоб,\nРахьдал магӏарул мацӏ унаан рагьун…\nТӏокӏалъ гьечӏо эбел, ана сапаралъ,\nСахлъулареб ругъун лъуна каранда.\nЛъимер, долъул гӏужде вахананиги,\nХисичӏо дун даим дир эбелалъе."}
{"slug": "10115-l-ikial-l-alkial-tun-aral-kiochon-tolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10115-l-ikial-l-alkial-tun-aral-kiochon-tolaro", "title": "Лъикӏал лъалкӏал тун арал кӏочон толаро", "date": "2020-11-24 11:48:43", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа Ахӏмад Мухӏамадов 1947 соналда лъугьана В. М. Ломоносовасул цӏаралда бугеб МГУялъул тарихалъул факультеталде цӏализе ва 1953 соналда лъугӏизабуна. Гьебго соналъ хӏалтӏана Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул тарихалъул кабинеталъул заведующийлъун. 1954 соналда МГУялъул аспирантураялде цӏализе лъугьана ва лъугӏизабуна 1957 соналда.\nГӏолохъанав гӏелмабазул кандидат хӏалтӏана ДАССРалъул Сонархозалъул председателасул кумекчилъун, 1958 соналдаса байбихьун — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул КПССалъул тарихалъул кафедраялъул мугӏалимлъун, доцентлъун. 1964 соналъул марталда тӏамуна Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул ректорлъун. Гьеб хъулухъалда Ахӏмад хӏалтӏана 1987 соналде щвезегӏан, ай 23 соналъ.\n1987 соналъул октябралда Ахӏмад Мухӏамадович вищана ДГУялъул ректорлъун. Гьенив хӏалтӏизе рес щвана гӏицӏго лъабго соналъ. Гьеб къокъаб заманалда жанибги кӏвана гьесда живго бажари бугев гӏуцӏарухъан, гьунар бугев нухмалъулев, кӏудияв гӏалимчи ва махщел камилав мугӏалим вукӏин бихьизабизе. Исана гӏумруялъул 90 сон тӏубалаан А. Мухӏамадовасул.\nСССРалъул Педагогиял гӏелмабазул академиялъул (АПН) член-корреспондент Ахӏмад Мухӏамадов машгьурлъана Дагъистаналъул гуребги, тӏолабго Россиялъул жамгӏияталда гьоркьов. Гьев вукӏана тарихчи, Северияб Кавказалъулгун Дагъистаналъул гӏолилазулъ халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиги ватӏан бокьиги куцаялъул хӏакъалъулъ хъварал гӏелмиял хӏалтӏабазул автор, республикаялъул тӏадегӏанаб лъай кьей цебетӏезабиялъулъ кӏудияб бутӏа лъурав гӏуцӏарухъан, гражданин ва патриот. Гвангъараб бакълъун кунчӏана гьесул тӏолабго гӏумру. Гьединабго гвангъараб лъалкӏги тана гьес гьаб дунялалда.\nКъисматалда, гӏумруялда цеве налъулавлъун вуго дун, гьев гьайбатав инсан ва кьучӏав гӏалимчигун лъай кьеялъул гӏуцӏарухъан Ахӏмад Мухӏамадовасул цӏалдохъанлъунги ишцоявлъунги вукӏине рес кьура-лъухъ, гьесул инсулаб тӏалаб щваралъухъ.\nМ. Ломоносовасул цӏаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университетги лъугӏизабун, 23 сон барав Ахӏмад Мухӏамадов вахъана Дагъсовнархозалъул председателасул кумекчилъун ва университеталъул преподавательлъун. 34 сон бараб мехалда – Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул ректорлъун ва 1987 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректорлъунги СССРалъул АПНалъул член-корреспондентлъунги.\nАхӏмад Мухӏамадов дида ракӏалда чӏана аслияб къагӏидаялда тӏадегӏанаб лъай кьеялъул гӏуцӏарухъан хӏисабалда. Гьев вукӏана жигарав, цебечӏараб масъала тӏубазабизе цӏиял нухал ратизе гьунар бугев, цӏирагьиязул мурад хехго бичӏчӏулев гӏуцӏарухъан. Гьединавлъун къабул гьавуна гьев Дагъистаналъулги Россиялъулги педагогияб жамгӏияталъ. Сундулъго икъбалги кколаан гьесие – махщелалъул камиллъиялъги, политикиябгун пикрияб гӏатӏилъиялъги, хӏаталдаса араб жавабчилъиялъги квербакъулаан гьелъие. Гьев кидаго хӏалтӏулаан тӏасан борчӏараб жавабчилъигун, жиндаго барахщичӏого, гьабулеб ишалъе кӏвар кьун.\nСтудентазул, комсомолалъул\nва профсоюзалъул гӏуцӏабазде, жамгӏиял махщелазул факультеталде, институталъул спортивияб жамгӏияталде гьесул букӏана хасаб бербалагьи. Цӏакъго кӏвар кьолаан гьес институталда тӏоритӏулел гӏелмиял конференцияздегун спорталъул къецазде, «РСФСРалъул педагогиял вузазул студентазул гьудуллъиялъул анкьазде». Гьел тадбирал гӏуцӏиялъулъги тӏоритӏиялъулъги биччазе бегьулароан гьитӏинабцин гъалатӏ!\nСтудентазде инсулаб тӏалабчилъи букӏана ректорасул. Гьесул приемныялда кидаго ратулаан гӏемерал гӏадамал: батӏи-батӏиял идарабазул нухмалъулел, росабалъа учительзаби, корреспондентал, спортсменалгун художникал, профессоралгун министрал. Ректорасухъе нух рагьараб букӏана студентасе кидаго – гьев гьезухъ кӏвар кьун гӏенеккулаан, кьураб рагӏи тӏубалаан, кумекалъе хӏадурго вукӏунаан. Ректорасул гьунар гӏолаан аскӏове вачӏарав щивав чиясул рекӏелъе нух батизе. Дир ракӏ паналъизабулаан гьев гӏадамалгун гаргадулеб мехалда – тӏадегӏанаб культура халлъулаан гьелъулъги.\nЗахӏматалъулъ батулаан А. Му-хӏамадовасда рекӏел парахалъи. XX гӏасруялъул 80-абилел соназда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институт рехсолаан РСФСРалъул бищунго лъикӏаб щуго вузалда гьоркьоб. Борхалъуда букӏана институталъулги гьелъул ректорасулги къадру. Институталда рагьун букӏана Северияб Кавказа-лъул школазул директоразул лъай камил гьабулеб факультет. Педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул кьучӏалда гӏуцӏун букӏана студентазе миллатазда гьоркьосеб тарбия кьеялъулгун ватӏан бокьи куцаялъул рахъалъ СССРалъул\nАПНалъул лаборатория. Россиялдаго машгьурлъана ДГПИялда рагьараб «Гьитӏинав педагогасул школа». Камиллъизабун институталъул гӏелмиябгун цӏалул нахърател, рагьана цӏиял факультетал: байбихьул классазул, художествиябгун графикияб (1973 соналдаса нахъе гьеб кидаго гӏахьаллъулаан СССРалъул ВДНХаялъул тадбиразда), школалда цебесеб лъай кьеялъул, индустриалиябгун педагогияб, физкультураялъулгун спорталъул. Хӏалтӏизе байбихьана Северияб Кавказалдаго бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏунеб лингафоннияб кабинет, югалъулаб Россиялда бищунго кӏудияб Спорталъул кӏалгӏа, Олимпиадаялде гугарухъаби хӏадурулеб центр, улкаялдаго бищун лъикӏаб студентазулаб профилакторий, «Берикей» абураб спорталъулгун сахлъи цӏуниялъул база.\nБищун цӏакъал гьунарчагӏазда гьоркьор рехсолаан институталда куцарал спортсменазул цӏарал. Физвоспитаниялъул факультеталъул цӏар ун букӏана спорталъул мастерлъиялде кандидаталгун разрядникалги, спорталъул мастералги, спорталъул мустахӏикъал мастералги хӏадуриялъул рахъалъ. Улкаялъул машгьурал вузазда гьоркьоб рехсолаан ДГПИялъул физкультураялъулгун спорталъул факультетги. Гьелъул дипломал щвана дунялалъул спорталъул цӏвабилъун лъугьарал спорт-сменазе: Загъалав Гӏабдулбеговасе, Владимир Назлымовасе, Марк Ракитае, Роман Дмитриевасе, Иван Ярыгиние, Владимир Юминие.\nГьединаб цебетӏей букӏинчӏо республикаялъул цониги вузалъул. 1972 соналда, СССР гӏуцӏаралдаса 50 сон тӏубаялъул хӏурматалда, Совет Союзалъул 37 вузалда гьоркьоб ДГПИялъеги кьуна КПССалъул ЦКялъулги, СССРалъул Министрзабазул советалъулги, ВЦСПСалъулги ва ВЛКСМалъул ЦКялъулги юбилеялъулаб гӏаламат.\nАхӏмад Мухӏамадовасда цӏакъ лъикӏ бичӏчӏулаан Дагъистаналъе учителасул бугеб кӏвар. Гьес абулаан, республикаялъул щибаб росулъ вукӏине кколин, заманалда витӏун хӏалтӏулев гурев, кидаго гьеб росулъ гӏумру гьабулев учитель. Гьединал учительзабаздалъун росдал школал хьезаричӏони, гьеб масъала тӏубаларинги абулаан гьес. Жакъаги гьеб масъала буго аслияблъун.\nГьесда лъалаан, кинаб школалда ва кинаб дарс кьезе учитель хӏажалъун вугебали. Институталъул Гӏелмияб советалъул членлъун вугев дунги гӏахьаллъулаан гӏолохъанал махщелчагӏи школазде ритӏиялъул тадбиралда. Гьениб чанцӏулго рагӏана дида Ахӏмадица гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб. Гьединал баяназде мугъги чӏван, ректорас хиса-басиял гьарулаан педагогиял\nкадраби гӏуцӏиялъул концепциялда, хӏадурулаан вузалде абитуриентал къабул гьариялъул план.\nГьединавлъун ракӏалда чӏана дида Ахӏмад Мухӏамадович – пагьмуяв, бажари-гьунар тӏокӏав, пикрабазулъгун ишазулъ эркенлъи хирияв, лъидаго бачӏеб хасияталъул инсан. Тӏадегӏанаб къадру-ассалъул, яхӏ-намус бацӏцӏадав, хӏеренлъигун берцинлъи чорхолъ бессарав магӏарулав. Дида ракӏалде ккола, гьев лъалев вукӏарав щивав чи разилъилин машгьурав гӏалимчи, филолог ва культуролог, РАНалъул тӏоцевесев академик Хӏажи Хӏамзатовас Ахӏмадил хӏакъалъулъ абурал гьал рагӏабазда: «Магӏарулазул гӏадат гьечӏо, бихьинчиясда берцинав чиян абулеб. Амма Ахӏмад Мухӏамадович хӏакъикъаталдаги вукӏана берцинав чи. Берцинав, гӏалимчи хӏисабалда; берцинав, ректор хӏисабалда; берцинав, инсан хӏисабалда. Гьале вачӏунев вуго гьев – ворхатав, къамартӏав, къартӏаб лагаялъул, эхеде гьесараб бетӏергун, рагьараб ва ракӏ разияб балагьигун. Разияб гьурмада гӏажаибго рекъараб гьимигун. Вачӏунев вуго, вихьигун, жинде тӏаде ракӏ цӏалев гьайбатав инсан ва гьесие данде гьимулел руго дандчӏварал гӏадамалги. Гьесулъ рекъонккун рукӏана гӏакълуги ракӏги, пикруги ишги. Берцинлъиялъул рекъонккей».\nГьале лъебергониги лъагӏел ана Ахӏмад Мухӏамадов нилъедаса ватӏалъаралдаса нахъе. Амма жакъа гӏадин ракӏалда буго гьеб къоялъул рекӏел бухӏи… Хвалилгицин къуват гӏеларо, нилъее хиралъарал гӏадамал нилъеда кӏоченаризе.\nДир ракӏчӏола, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъе Ахӏмад Мухӏамадовасул цӏар кьеянги университеталъул азбаралда гьесие памятник – бюст лъеянги, Махӏачхъалаялъул къватӏазул цоялда гьесул цӏар чӏвайиланги гьарун, ДГПУялъул жакъасеб нухмалъиялъги Дагъистаналъул педагогазул жамгӏияталъги ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасде хитӏаб гьабиялде.\nГьаб дунялалда лъикӏал лъал-кӏалги тун арал гӏадамал кӏочене ихтияр гьечӏо нилъее."}
{"slug": "10116-giammab-ishal-e-giolo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10116-giammab-ishal-e-giolo", "title": "Гӏаммаб ишалъе гӏоло", "date": "2020-11-24 13:15:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "17 ноябралда Сергей Меликов дандчӏвана ДРялъул муфти, ДРялъул Гӏалимазул советалъул председатель, шайих Ахӏмад апандигун, Махӏачхъалаялъулгун Грозныялъул архиепископ Варлаамгун ва ягьудиязул жамгӏиятазул цолъизабураб динияб гӏуцӏиялъул председатель Валерий Дибияевгун. Гьениб бицана диниял гӏуцӏабазулгун бухьенал гьариялъулги, власталъ гьезие квербакъиялъулги ва гӏолилазе трабия кьеялъул рахъалъ цадахъаб хӏаракат гӏуцӏиялъулги хӏакъалъулъ.\nРегионалъул бетӏерас лъикӏаблъун рикӏкӏана, миллаталъулгун диналъул хӏисабги гьабичӏого, хӏажалъи-къварилъи ккарал дагъистаниязе диниял гӏуцӏабаз гьабулеб кумекги коронавирусалде данде къеркьолеб заманалда гьабураб гьезул хӏаракатги.\nХадур данделъиялда мухӏкан гьаруна власталъулги диниял вакилзабазулги цадахъал ишал, хасго кӏвар буссинабуна «пачалихъалда ккарал киналниги лъугьа-бахъиназул церехъабилъун рукӏунел» гӏолилазулгун батӏи-батӏиял тадбирал гьаризе ккеялде.\nДандчӏваялда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏерасулгун ДРялъул хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Хӏасановги, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жапаровги, ДРялъул миллияб политикаялъулгун диназул ишазул министр Энрик Муслимовги."}
{"slug": "10117-nil-eda-batarab-nil-etsa-tarab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10117-nil-eda-batarab-nil-etsa-tarab", "title": "Нилъеда батараб, нилъеца тараб", "date": "2020-11-24 13:22:01", "categories": ["insan"], "text": "Церетӏурал пачалихъазда гӏумру гьабун ругел гӏадамазда цебего бичӏчӏун буго тӏабигӏат ва сверухълъи цӏунизе кколеблъи.\nГьеб масъалаялде кӏварги кьола, гӏемераб хӏалтӏиги гьабула. Дагъистаналдаги камун гьечӏо тӏабигӏаталъул ургъелги бугел, гьеб суалалъ рахӏатги толарел гӏадамал. Гьединазул цояв ккола «ЭКОконтроль» абураб жамгӏияб багъа-бачариялъул нухмалъулев, ОНФялъул ва ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член, Гумбет районалъул Килалъ росулъа Мухӏамад Мухӏамадовги. Гьал къоязда газеталъул редакциялде вачӏарав гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги гьабуна нижеца.\n— Мухӏамад, щиб мурадалда ва кида гӏуцӏараб дуца нухмалъи гьабулеб багъа-бачари?\n— Тӏабигӏат цӏуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалги бихьун, гьеб дагьабниги лъикӏаб рахъалде сверизабизе кӏвелародайин абураб хьулалъ гӏуцӏана гьединаб багъа-бачари. Гьеб гӏуцӏаралдаса лъагӏелгӏанасеб мехги буго. Байбихьуда дагьалго чагӏи рукӏун ратани, гьабсагӏаталда гьелъул мухъилъ руго гӏемерал гӏахьалчагӏи, хӏаракатчагӏи. Нижер вакил камураб районги гьечӏо.\n— Республикаялда гӏезегӏан руго тӏабигӏат цӏуниялъул мурадалда хӏалтӏулел пачалихъиял идараби. Гьезде тӏаде нужер жамгӏияб багъа-бачариги гӏуцӏиялъе щиб хӏажалъи букӏараб?\n— Идараби гӏемер руго, амма киназго гуро жидеда тӏадаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб. Кӏиабизе, мисалалъе, Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъул вакилзаби руго районаздаги. Амма цо хӏалтӏухъанасде, ай вакиласде тӏаде ккола 2-3 район ва гьесухъа кинго бажаруларо кивего щун, букӏине кколеб куцалда хӏалтӏи гьабун. Гьединлъидал гьезие хӏажат букӏуна нижер хӏаракатчагӏазул кумек. Дун дандчӏвана министр Набиюла Гъарачаевгун. Гьес лъикӏаб къимат кьуна нижер проекталъе ва абуна кӏвараб кумек гьабилин.\nБайбихьуда камулароан нижеца гьабулелъул бичӏчӏунгутӏи, цинги хӏалтӏул хӏасил бихьун хадуб нижехъе гӏемер рукӏуна гӏадамазул хитӏабал, гьариял. Мисалалъе, ахирисеб ахӏи букӏана Чӏарада районалдаса, тӏубараб моцӏалъ рищни баччулеб гьечӏин абураб. Гьеб районалъул бетӏерасул заместителасулгун къотӏи-къай гьабуна, лъил гӏайибалдалъун гьеб иш ккарабали лъазабизелъун гьенир дандчӏвазе. Гьал къоязда Жамгӏияб палатаялдаги букӏине буго экологиялъул рахъалъ хасаб данделъи. Гӏаммаб куцалда босун, нижер хӏалтӏул буго 12 рахъ (рохьал, кьищни, ччугӏа ва гь. ц), гьезде буссинабун буго кинабго хӏаракатги кӏварги.\n— Росабазул бегавулзабазулгун, районазул нухмалъулезулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб? Гьезда бичӏчӏулищ нужеца гьабулеб хӏалтӏи?\n— Цо-цоязда бичӏчӏула, жалго цадахъ рахъунги, цогидал чагӏи ритӏунги кӏудияб кӏвар кьола нижер хӏалтӏуде, яхӏ бахъула рихьизарурал гъалатӏал ритӏизаризе. Гьебго заманалда камуларо хӏалтӏул квешал рахъал къватӏир чӏвазарулел ругинги абун, нижее квалквалал гьарулелги.\n— Гьал къоязда нуж унел руго Чӏарада районалде. Гьеб «унти» (хасал операторазухъе кьун бугин гьеб хӏалтӏи абун, росабалъа баччулеб гьечӏо кьищни) буго киналго районазе хасиятаблъун ккараб гӏузру. Щиб гьелъул ккезе бугеб, батизе бугищ сабаб?\n— Районаздаса ва шагьараздаса рищни баччизе гӏуцӏун руго регионалиял операторал (тӏоцебе букӏана 4, гьабсагӏаталда буго 6). Гьел оператораздаги муниципалиял гӏуцӏабаздаги гьоркьор хъвазе кколаан къотӏи-къаял. Законалъул тӏалабазда рекъон, щибаб росулъ хӏадуризе ккола хасал майданал, гьенир лъезе ккола рищни бакӏаризе контейнерал. Гьениса гьеб заводазде баччизе ккола оператораз. Набиюла Гъарачаев ана Москваялде ва изну тӏалаб гьабуна росабалъа бакӏарараб кьищни заманаялъ цӏунизе рес кьолел майданал (накопители) щибаб районалда разе. Жакъа къоялде жеги тӏубачӏо гьеб суал. Гьелъие гӏарац гӏолеб гьечӏин абун росабалъ хӏадурулел гьечӏо кьищниялъе контейнерал лъезе бакӏал. Тӏолабго Дагъистаналда 2 (базе кколаан 3-4) гурони гьечӏо рищни къачӏалеб завод (Гъизляралда ва Избербашалда). Операторазги низамалда гьеб нахъе баччулеб гьечӏо, баччизе ва базе бакӏ гьечӏинги абун.\nЦебе кьищни бакӏариялъухъ гӏадамаз кьезе кколеб гӏарцул тариф букӏана щибаб муниципалитеталъ жидецаго чӏезабун. Гьабсагӏаталда гьеб буго киназулго гӏаммаб (тарифал чӏезарулеб хъулухъалъул тӏалабалда рекъон), ай щибаб моцӏалъ чиясухъа 78 гъурущ. Гьелда сверухъги буго ахӏи-хӏур. Тӏуразе захӏматал ругониги, гьел масъалабазде квер хьвагӏунги чӏун гьечӏо ниж.\n— Бихьулеб буго рахӏат толареб масъалалъун рохьазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал букӏинги…\n— Нилъеда ккола Дагъистаналда гӏемерал рохьал ругин абун. Амма гьедин гьечӏо. Хӏалтӏи байбихьулаго, нижехъе бачӏана Гъизилюрт районалъул Нечаевка росдал жамагӏаталъул рахъалдасан хъвараб гӏарза. Гьезул букӏана жидер росдал рагӏаллъуда бугеб рохь къотӏун лъугӏулеб бугин абураб ахӏи. Гьелдаса нахъе байбихьана рохьазул ахӏвал-хӏал лъазабизе, аслияб куцалда хӏалтӏиги ана Хасавюрталъул рохьихъанлъиялда сверухъ (гьелда гьоркьобе уна Хасавюрт шагьар ва район, Гъизилюрт район). Гьеб мухъалда къотӏун ратула лъикӏаб тайпаялъул гъутӏби, рухъун гундбигун гьабулеб буго цӏулал тӏурччи ва баччулеб буго Москваялде гӏунтӏун. Гьеб ишалъул буго кӏиго заралги. Тӏоцебе гьелъие хӏалтӏизабула бортараб, бекараб, гъоркь хутӏараб гуреб, лъикӏаб, къиматаб тайпаялъул цӏул (гьелъул гурони лъугьунаро лъикӏаб тӏурччи). Кӏиабизе, тӏурччи гьабулаго хола гӏемераб ракь. Гьениб гьабуна нижеца кӏудияб хӏалтӏи, нахъе рачахъана гьеб пишаялда ратарал гӏадамал, жаниб цӏезабуна 500-гӏанасеб гвенд. Гьеб хӏалтӏулъ нижее кӏудияб кумек щвана рохьил магӏишаталъул комитеталъул нухмалъулев Вагьаб Гӏабдурахӏмановасдасан. Гьесул хӏукмуялдалъун исана гьукъана къвакӏараб тайпаялъул цӏул (микк, акация ва гь. ц) къотӏизеги.\nБуго цоги кӏвар бугеб масъала. Законалда рекъон рохь кьезе бегьула ижараялъе. Закон лъангутӏиялъги, цогидал гӏиллабаздалъунги цо-цо ижарачагӏаз гьеб хӏалтӏизабулеб буго жидеего бокьахъе – къотӏун гъутӏбигун гьенир ралел руго минаби, кафеял, фермаби. Гьеб хӏал гӏемер дандчӏвала Хасавюрталъул рохьихъанлъиялда, Дербент ва Гъуниб, Казбек районазда. Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул цо-цо росабазул бутӏруз рикьулел, ричулел руго росабазул гӏорхъода ругел, муниципалитетазда гьоркьорего унарел рохьазул ракьал (гьел ккола рохьил магӏишаталъул комитеталъул ихтияралда ругел ракьал).\n— Дуца рехсана рохьал цӏуниялъул рахъалъ бугеб лъабго аслияб масъала. Гьездаго гьоркьобе унарищ изну гьечӏого магӏарухъ къотӏулеб рохьил суалги?\n— Гьенибги камун гьечӏо низам хвезаби, амма доб тӏурччи бахъизелъун къотӏулеб, хвезабулеб рохьалъул даражаялде бахунеб масъала гьеб гуро. Дагьаб цебеги мина базе магӏарухъ къотӏулаан рохь, гьабсагӏаталда гьеб гьечӏо, киназго босула къачӏараб, хӏадурараб цӏул. Хинлъиялъеги гӏемерисез хӏалтӏизабула ток.\n— Гьеб хӏалтӏи тӏубалаго кинаб гьоркьоблъи букӏунеб рохьил магӏишаталъул комитеталъулгун? Тӏабигӏат хвезабулел, низам цӏунуларел ижарачагӏазулгун гӏаммаб мацӏ батизе бигьалъулищ?\n— Комитеталъул нухмалъулесда нижер хӏалтӏиги нижги ричӏчӏула, гьесул квербакъиги букӏуна. Амма комитеталъул цо-цо хӏалтӏухъаби рухьун руго гӏадлу-низам хвезабулел гӏадамалгун, ижарачагӏигун, гьезул рукӏуна цадахъал ишалги. Гьеб хӏужа кӏудияб балъголъи гуро, гьелъ гьарула нижее гӏемерал квекӏеналги. Ижарачагӏазул бицани, гьезул букӏуна дандчӏей, камуларо кьолел хӏинкъаби, ккана хӏужа ярагъгун нижеде данде рахъиналъулги. Гьебго заманалда гӏезегӏан ккана ришватал кьун ниж кверде росизе яхӏ бахъиялъул хӏужабиги.\n— Гӏемер бицуна ралъдалъ чӏахӏияб ччугӏа тӏагӏинабулеб букӏиналъул. Дуца щиб абилеб?\n— Гӏемер рикӏкӏаде ун щай, гьале нилъеда аскӏоб бугеб Ак-Гель хӏор. Кӏиго-лъабго нухалъ ккана гьениб гӏемераб ччугӏа хвеялъул хӏужаби. Цебе ччугӏа гӏезабулаан нилъер гьаниб, тӏинчӏ биччалаан ралъдалъе. Гьабсагӏаталда гьеб гӏезабулеб бакӏго гьечӏин абизе бегьула. Гьеб суалалда хурхунги министрасулгун букӏана дандчӏвай. Гьес бицана жинда гьеб масъалаги лъалин, гьелда тӏад хӏалтӏулелги ругин абун.\n— Ралъдал рагӏаллъуда ругониги, кваназе ччугӏаги гьечӏого хутӏиладай нилъ гӏагараб заманалда?\n— Гьаб хӏалалда (ралъдалъе унеб канализация, гӏурумухъазде балеб кьищни, ралъдалъегун хӏоразухъе биччалареб ччугӏа) иш ине тани, хадубккун буго гьединаб хӏинкъи. Тӏаде бачӏунеб гьечӏони, тӏаса инчӏого букӏунарелъул."}
{"slug": "10118-namusal-ul-chirakh-k-al-k-al-un-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10118-namusal-ul-chirakh-k-al-k-al-un-bugo", "title": "«Намусалъул» чирахъ къалъ-къалъун буго", "date": "2020-11-24 13:29:11", "categories": ["obshestvo"], "text": "Намус. Гьеб рагӏи рагӏарабго, щаялиго цебечӏола гӏагараб магӏаруллъи. Намусалъул чирахъалъ гвангъизабун бугеб.\nГьале гьал рорхатал мугӏруз ватӏаналъе кьунщинал гьелъул рокьуе мустахӏикъал васалгун ясал. Гьал согӏал кьурабазда дандерижилъун багъана гьеб рокьул гуч. Гьале гьал кьураби-парсазда гьез ракана цӏаял, жал даим свине гьечӏел. Гьел цӏадул хӏенхӏаллъун жакъаги руго нилъее умумузул цӏаразе мустахӏикъал ирсилаллъун ругел миллаталъул вакилзаби. Гьезул цояйги ккола гьаб макъалаялда бицен гьабулей Парсихӏат Муртазагӏалиева. Гьей гьайбатай магӏарулалъул хӏакъалъулъ некӏого рагӏун букӏана. Амма хъвазе ракӏалде ккана гьабсагӏаталда. Щайгурелъул гьелъул нухмалъиялда гъоркь Москваялда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб дагъистаниязул «Намус» централда гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ рагӏидал, гъира ккана дир. Жакъа рахьдал мацӏазул рухӏ рагӏалде бакӏарун бугилан киналго нилъ ахӏдолел ругебгӏан заманалда, Парсихӏатица жигар бахъулеб буго гьезие кӏиабилеб хӏухьел кьезе. Ракӏ хӏайран гьабулеб берцинлъиялъул Чӏарада районалда тӏирщана гьелъул намусалъул кьалбал. Гӏатӏиракьалда гьаюрай ва гӏурай магӏарулай абадиялъего ритӏухъайлъун хутӏулей йиго гӏагарал мугӏрузул ахӏиялъе. Гьеб ахӏулъ гьелда батана гӏумруялъул магӏна – цогидазе пайдаяйлъун йикӏине, сверухъ ругезе лъикӏлъи бикьизе, гьаги балаго, рещтӏана гьей ракьалде, миллаталъул бакъул кунчӏарал чӏоразул цояйлъун яхъине йигей магӏарулай.\nЩваралда гӏей гьабун\nчӏезе бокьуларо\nГьадинаб буго Парсихӏатил къисматалъул ахӏи. Гьеб ахӏиялъул асирлъун йигей магӏарулалъ рекӏел тӏиндасан гьулчун бачӏунеб гӏищкъуялъ бицана дие телефоналдасан жакъа «Намусалда» бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьелъул тӏоцересел галабазул ва жакъа гьелъ бакун бугеб чирахъалъ къалъизарун ругел Москваялдаса дагъистаниязул хӏакъалъулъ.\nГӏемерал соназ нухмалъи гьабулеб буго Парсихӏатица «Намус» гӏуцӏиялъе. Гӏуцӏиялъул аслияб мурад – ватӏаналдаса рикӏкӏад ругел дагъистаниял цолъизари. Ва гьел унго-унголъунги цолъизарулел руго «Намусалъ» — ватӏаналъул махӏги, яхӏги, цӏарги, цӏваги… Гьеб кинабго цолъун лъугьараб квацӏиялъулъ гӏажаибаб берцинлъиялъул тӏугьдуллъун руго Дагъистаналъул миллатал. Щибаб тӏогьол жиндирго тӏанхал. Гьениб бугеб магӏарул тӏогьол цо тӏамахлъун йиго жакъа Парсихӏат. Жиндирго ахӏигун, бухӏигун, рухӏелгун жуяна гьей гьеб гваялъулъе. Ва Парсихӏатица гьабсагӏаталда гьабулеб бугеб хӏалтӏи цӏакъго пайдаяб буго, рахьдал мацӏазда сверухъ къобахъанагӏан ахӏвал-хӏал хӏалуцунеб гьаб заманалда. Чӏегӏераб хьухьикье ккун унеб бугеб бакъ нахъги буссун диего гьимараб гӏадаб асар гьабуна дие Парсихӏатил гьаракьалъ.\n«Намусалда» цебе рагьун буго гьатӏан къоялъ лъимал цӏализарулеб школаги. Гьенир малъула Дагъистаналъул киналго мацӏал, ватӏаналъул букӏинесеб кодоб бугел гӏисинал ирсилазул лъай-хъвай гьабула Дагъистаналъул халкъазул маданиятгун адабияталъул, тарихалъулгун, гӏадаталгун гӏамалазул. Малъула централда гӏараб мацӏги.\n— Ниж урхъун рукӏуна Ватӏаналъул хӏакъалъулъ рагӏулел лъикӏал харбазухъ. Бокьула лъималазда рихьизаризе щибаб милаталъул вакилзаби. Гьеб мурадалда ахӏула нижехъего гьоболлъухъ шагӏирзаби-хъвадарухъаби, гӏалимзаби, гӏадатиял гӏадамал. Гьединго тӏоритӏула онлайн-дандчӏваял. Щибаб дандчӏваялъ нижее гьабула кӏудияб асар.\nАмма шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъулгун букӏараб дандчӏваялъ киналго пана гьаруна. Миллаталде буго жиндирго рокьул цӏурал хулжазухъ магӏаруллъиялъул тӏагӏамги лъун, ячӏун йикӏана гьей нижехъе. Щивасде кьолеб кӏварги, щивасда абизе батулеб недегьаб рагӏиги, киназего бикьанагӏан, гӏемерлъун бачӏунеб гьимиги — гьеб букӏана гӏагараб Дагъистаналдаса гьелъ нижее бачӏараб урхъараб боркьараб салам, — илан ракӏалде щвезабуна Парсихӏатица дагьаб цебегӏан шагӏиралъулгун букӏараб дандчӏвай. Москваялдаса дагъистаниязе Дагъистаналъул рекӏел кӏутӏилъун лъугьинабун буго Парсихӏатица жакъа «Намус».\nГьенибго лъималазда малъула Дагъистаналъул халкъазул кьурдабиги. Гьел лъазаризе хьвадулезул къадарги цӏикӏкӏунеб буго. Гъираялда рачӏунел руго лъимал рахьдал мацӏазул дарсаздеги. Гьединал миллаталъул бакъул чӏоразе канлъи кьолел ирсилал миллаталда ругебгӏан мехалда, божизего бокьизехъин гьечӏо мацӏазул букӏинесеб къисмат къваридаб бугин абураб жоялдаги.\nПарсихӏатица гьединго бицана лъималаз гӏахьаллъи гьабулел тадбиразул хӏакъалъулъги. Киса-кирего гьел цере рахъуна, москваялъулазе Дагъистаналъул хӏакъалъулъги бицунаго. Гьеб бихьизабула ретӏараб ратӏлицаги, рикӏкӏунел ва ахӏулел миллиял кучӏдузги, хӏатта кьурдабигицин гаргадула миллиял мацӏазда.\nКинха йохиларей, гьединал харбал рагӏидал. Гьедигӏан нилъ хӏинкъизе ккараб къимат гьечӏин ккола рикӏкӏада Москваялдагицин рахьдал мацӏазул.\nГӏагараб миллаталъул бакъуе хинлъи кьолеб гьелъул чӏорлъунги, гьелъул цӏвабзазе цӏики кьолеб хӏикматаб нурлъунги, гьеб нуралдагицин нур базабулеб кунчӏилъунги йиго жакъа Парсихӏат «намусалъулазе». Гьелъул рекӏел кӏутӏиялъгицин Дагъистанилан ахӏулеб бугин ккана дида, гьелъухъ гӏенеккидал. Бигьаяб иш гуро чӏужугӏаданалъе рухӏияб рахъ загӏиплъулеб, гӏадамазул ракӏал чӏунтулеб, кинабго жо бихха-хочараб гьаб заманалда ресалги ратун, «Намус» цӏуни.\nГьелъги гьелъул нухмалъиялда гъоркь централъул коллективалъ гьабулеб хӏалтӏи цӏакъго тӏадегӏанаб буго. Парсихӏатица ракӏалде щвезавуна централъул цеве вукӏарав нухмалъулев Мухӏамадрасулги. Бицана гьес «Намусалда» тун батараб бечедаб рухӏияб ирсалъул хӏакъалъулъги.\nГӏумрудул сухъмахъаздасан\nПарсихӏат Муртазагӏалиева гьаюна ва гӏуна Хасавюрт районалъул Кокрек росулъ. Гӏагараб росулъ школа лъугӏун хадуб гьей цӏализе лъугьана Избербашалъул музыкалияб училищеялде. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏо гӏолилай. Цӏалана ДГПИялъул филологияб факультеталда. Къисматалъ гьей ячана Москваялде. Москваялъул №1057 школалда хӏалтӏана гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул учительлъун. Гьелда лъазе байбихьана тахшагьаралда ругел ракьцоял. Гьелъ цӏакъго кӏудияб гъираялда къабул гьабуна Россиялъул президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъ «Дагъистан» центр рагьизе бугилан абураб хабарги. Ва заманалдасан гьений хӏалтӏизе ахӏула Парсихӏат. 1997 соналда гьей хӏалтӏизе лъугьана централда методистлъун. Ва дагьабги заманалдасан, 2006 соналда – «Намус» централъул нухмалъулей, жакъа къоялде щвезеги. Руго Парсихӏатил шапакъаталги. Масала, Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота. Мустахӏикълъана гьей Централъул «За верность Дагестану» медалалъеги. Амма къисматалъулго бищунго кӏудияб ва тӏадегӏанаб шапакъатлъун гьелъие буго жиндирго кумекалдалъун кунчӏараб миллаталъул бакъул цо-цо чӏоралги, гьел чӏоразул канлъухъе кенчӏелел ругел гӏисинал магӏарулазул талихӏалъул цӏурал бералги. Гьез Парсихӏатил цӏар хъвалеб буго миллаталъул тарихалъул тӏехьалда.\nГьединго Парсихӏатица лъугӏизабуна Россиялъул президентасда цебе бугеб РАНХалъул (Российская академия народного хозяйства) магистратура. Гьей ккола Москваялда учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб конкурсалъул «Содружество» номинациялъул финалистги.\nГьале гьадинаб буго Дагъистаналдаса Парсихӏат Муртазагӏалиевалъул къисматалъул къиса."}
{"slug": "10137-koronavirusgun-k-erkolel-rugel-medikaze-tiadegi-giarats-keyal-ul-kinab-nizam-bugeb-l-ie-va-kigian-geb-koleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10137-koronavirusgun-k-erkolel-rugel-medikaze-tiadegi-giarats-keyal-ul-kinab-nizam-bugeb-l-ie-va-kigian-geb-koleb", "title": "«Коронавирусгун къеркьолел ругел медиказе тӏадеги гӏарац кьеялъул кинаб низам бугеб? Лъие ва кигӏан гьеб кьолеб?»", "date": "2020-11-25 14:00:08", "categories": ["med"], "text": "Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Идрис Мухӏамадовас:\n— 2020 соналъул 30 октябралда къабул гьабураб РФялъул хӏукуматалъул № 1762 хӏукмуялда хъван буго коронавирусалъ унтаралгун хӏалтӏулел медицинаялъул хӏалтӏухъабазе гӏарац (выплата) кьеялъул цӏияб къагӏида. Гьелда рекъон, 2020 соналъул тӏоцебесеб ноябралдаса 2021 соналъул 31 декабралде щвезегӏан медиказе тӏаде гӏарац кьеялъул ва гьелъул хӏисаб гьабиялъул низам хисизабуна: гӏарцул къадар бараб букӏуна медикасул хъулухъалда, ай цо сменаялда гьес гьабулеб хӏалтӏуда; ФССалъул реестралде кьуралдаса анкьго къоялдаса кватӏичӏого гьеб гӏарац бачӏуна медикасул карточкаялде. Гьединго, тӏоцебесеб декабралдаса нахъе «Госуслуги» порталалъул кабинеталдасан медикасда лъазабизе буго гьесул карточкаялде гӏарац реханин.\n2020 соналъул ноябралдаса байбихьун ДРялъул хӏукуматалъ чӏезаруна коронавирусалъ унтаралгун цо сменаялда хӏалтӏун медиказе тӏаде кьолеб гӏарцул гьадинал роценал:\n• больницабазул тохтурзабазе — 3880 гъурущ;\n• больницабазул гьоркьохъеб персоналалъе — 2430 гъурущ;\n• больницабазул гьитӏинаб персоналалъе — 1215 гъурущ;\n• амбулаториязул тохтурзабазе — 2430 гъурущ;\n• амбулаториязул гьоркьохъеб персоналалъе — 1215 гъурущ;\n• амбулаториязул гӏисинаб персоналалъе — 600 гъурущ;\n• паталогоанатомикиял бюроязул хӏалтӏухъабазе — 2430 гъурущ;\n• «хехаб кумекалъул» тохтурзабазе — 2430 гъурущ;\n• «хехаб кумекалъул» гьоркьохъеб персоналалъе — 1215 гъурущ;\n• «хехаб кумекалъул» гӏисинаб персоналалъе — 950 гъурущ;\n• «хехаб кумекалъул» ахӏи къабул гьабулел фельдшеразе — 600 гъурущ;\n• «хехаб кумекалъул» бригадабазул машинабазул водителазе — 1215 гъурущ."}
{"slug": "10166-kh-akhiab-khalgiatalda-kunchiana-orden", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10166-kh-akhiab-khalgiatalda-kunchiana-orden", "title": "Хъахӏаб халгӏаталда кунчӏана орден", "date": "2020-11-30 13:15:50", "categories": ["med"], "text": "Гӏайшат Идрисова ккола Хьаргаби районалъул Кӏикӏуни росулъа.\nГӏагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Астраханалъул медуниверситеталде. Гьенибго лъугӏизабуна интернатураги. Тӏад юссана гӏагараб районалъул больницаялде, хӏалтӏулей йиго реанимациялъулгун анестезиологиялъул отделениялда.\nЛъабго сон гурони хӏалтӏул хӏалбихьи гьечӏей гӏолилай къеркьезе ккана коронавирусалде данде.\nГьеб бахӏарчияб хӏалтӏухъ гӏолохъанай тохтур мустахӏикълъана Н. Пироговасул орденалъе. Дагьал церегӏан къояз гьей ахӏун йикӏана Москваялде. Россиялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустиница гьелъул каранда бана орден.\nИкъбал! Кье дихъе квер…\n— Унго-унголъунги дун талихӏай гӏадан йикӏун йиго. Щванагури дие рес, гӏадамазе кумек гьабизе. Гьале лъугӏана дир мединститут, тӏубана дир анищ. Дирго беразда божуларого йиго – дица хъатикь ккун буго тохтурасул махщел щванин дие-йилан тасдикъ гьабулеб документ. Дун – тохтур. Бокьун бугеб куц дирго хӏалбихьизе. Гьеб тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикъай йигодай дун!? Щиб сайгъат дий къисматалъ хӏадур гьабун бугеб?\nИкъбал! Чӏа дир хьолбохъ. Кье дихъе квер. Гьабе дие кумек. Дуде кӏудияб хьулгун йитӏун йиго Тӏадегӏанас дун гьаб ракьалде. Дида рагӏулеб буго Икъбалалъул гьаракь:\n— Хӏурматияй гӏолилай. Щвана мун дурго мурадалъул гъасде. Гьале дунги тӏаде щвана, цадахъ рохелги, талихӏги, гьимиги, цӏаги, хинлъиги, рокьиги жубараб квацӏиги босун. Амма дуда лъазе ккола гьездаго хьолбохъ къварилъи-пашманлъиги, магӏуги рукӏунеллъиги. Рукӏине руго гъалатӏалги, цоги батӏи-батӏиял лахӏзаталги. Мун киналъего хӏадурго йикӏа. Къуркьуге захӏмалъабазе. Нух битӏаги дуе, хӏурматияй гӏолилай.\nГьединал пикрабаз гӏолилай ячун йикӏана жиндирго анищалъул цӏва кунчӏараб мурадалъухъе. Гьей хӏалакун йикӏана тохтурлъи гьабизе, гӏажалалъул къвалакьа унтарал рахъизе…\nГӏайшатида жеги бичӏчӏулеб букӏинчӏо жиндир тохтурлъиялъул нухда дандчӏвазе бугеб согӏлъиги кьогӏлъиги…\nДолдаса нахъе ана лъабго сон, Гӏайшат гӏагараб Хьаргаби районалъул централияб больницаялъул реанимациялъулгун анестезиологиялъул отделениялде хӏалтӏизе лъугьаралдаса.\nГьей, гьитӏинаб лъимер гӏадин, йохулаан унтаразул гьурмазде цӏидасанги гьими тӏад буссиндал. Цо-цо мехалда йохиялъ, каранда бакӏ гӏоларого, кӏетӏезе лъугьунеб рекӏел ахӏиялъ гьей цӏидасанги ячунаан жиндирго мурадалъул гъасда бакараб гьелегьараб цӏадухъе.\nАмма жеги пикрабазул куркьбаздаго йигей гӏолилалда ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо кватӏичӏого жиндир талихӏалъул хӏалбихьизе хъачӏаб хвел бачӏине бугеблъи.\nЦо къоялъ, лъихъаниги изнуги босичӏого, бачӏун инсанасул гӏумруялде каву рагьана цӏар лъезе лъалареб гӏажалалъ. Китаялда бижараб гьеб вахӏшияб унти гӏагараб районалде щвезе букӏиналда щаклъулейго йикӏинчӏо Гӏайшат. Ва гьелда цӏидасанги рагӏана Икъбалалъул гьаракь:\n— Гьалеха, хӏурматияй тохтур. Рагӏулеб бугищ дуда гӏумруялъул гӏасияб зигара? Гӏумруялъул берцинлъиялъул махӏ жеги рагӏа-ракьанде щун сунтӏизе щвечӏей дуда божи-лъигун кӏалъалеб буго гӏумру.\nДуе нух битӏаги гьаб нухалдаги. Лъай – дун дур хьолбохъ буго…\nГьединал малъа-хъваялги гьарун, нуха регӏана Икъбалалъ Гӏайшат хвалил корониб бежизехъин бугеб гӏумру хвасар гьабизе.\n— Гьел рукӏана цӏакъго къваридал лахӏзатал. Хисана кинабго сверухълъи. Гӏумруялъул гӏидраялда рижун ругел рокьул тӏугьдул лъалъалел рукӏана къойил кколел ругел камиязухъ гӏадамаз тӏолеб магӏуялъ. Борхалъудасан гӏумруялъул къварилъи-ялъухъги балагьун хьим-хьидулеб бугеб хвелалъ дагьабги къуват кьолеб букӏана дие. Дида лъалаан цо жо – хъахӏаб халгӏаталъе дица бараб гьаялъе даим ритӏухъайлъун хутӏизе кколейлъи, — йиланги абун, гӏод-гӏодун йиччан тана Гӏайшат.\nЦохӏо вугев лъабго сон барав васги эбелалда аскӏов тун, отделениялъул нухмалъулей Патӏимат Махӏмудовагун цадахъ Гӏайшатица байбихьана, къад къо гурого, къаси сордо гурого, хвалил ццидалал квачӏакьа гӏумру бахъизе.\n— Гьаниб рехсечӏого гӏоларо больницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Хӏажимурадил цӏарги. Унтарал хвасар гьарулев гьесул цеве вугев чи вихьулеб хӏалгицин букӏинчӏо. Унтана гьесул эменги. Вачӏана гьевги больницаялде. Кинаб хӏалха букӏун батилеб тохтурасул. Гьесда лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏана цохӏо инсуде вуссун жив тӏувалареблъи. Кӏвечӏо гьесда эмен хвасар гьавизе. Къад эменги вукъун, къасиялде тӏаде щвана Хӏажимурад.\nДоб заман гьанже ракӏалде щвезабизецин бокьуларо дие. Рагъул заманалъул госпиталалда релълъун букӏана нижер больница. Къеркьолел рукӏана вихьуларев тушманасде данде. Гӏемерлъана гӏагараб районалда дол къояз хвелал. Рекӏелъан би бецӏцӏулеб гӏадаб асар букӏана, хобал рухъун хадур гъолел гьечӏилан ругьел бачӏиндалги. Беролеб букӏана гӏумру хвасар гьабулеб къуват, -илан бицунагоги, гӏодулей йикӏана гӏолилай.\nГӏумруялъул гӏидра чӏурхӏулеб буго…\nТӏаде рахъунагоги, гӏодор чӏолагоги, бусадаса тӏаде гьункьулагоги, кьижулел-рахъунелъулги, холел рукӏана гӏадамал. Угьдулеб букӏана гӏумру. Гьелъул сариназухъ гӏенеккидал, чӏвалеб букӏана хвалил махӏ. Киса-кибегоги – хвалил махӏ. Гьеб махӏалъ рухӏизарулел рукӏана гӏумруялъухъ гӏащикълъаразул берал. Чӏурхӏун лъолеб букӏана гӏумруялъул гӏидра. Секьулебго букӏинчӏо гӏумруялъул магӏу.\nГьел лахӏзатаз чанго соналъ кӏодолъана Гӏайшат. Гьелда бичӏчӏана ва бихьана гӏумру гӏицӏго рокьи гуреблъи. Цӏияб гӏумруялъул авалалда гьей дандчӏвана хвалдаги гӏумруялда гьоркьор къан рукӏарал къваридал къисматалгун. Лъана гьелда гӏумруялъул багьаги. Цоги бичӏчӏана гьелда гӏумруялъул тӏагӏам, нахъ тӏамун течӏого, заманалда цӏузе кколеблъиги.\n— Гьаб гӏумруялъул камиллъиги берцинлъиги дида бичӏчӏулебго букӏун гьечӏо, киеялиго гӏедегӏун уней йикӏин гурого. Заманго гӏолароан бакъул чӏоразул хинлъиялъухъе анищал гьаризеги, моцӏрол канлъухъе хьулазул иццазда кӏалчӏвазеги, цӏваби каранде къазеги, цӏадалдаса хадуб баккулеб анкькьераб нуралъул берцинлъиялъухъ ялагьизеги. Хадубалде тун букӏана кинабго.\nАмма коронавирусалъ гӏемераб жоялъул пикру гьабизе тӏамуна. Огь, кватӏулел ругел куц нилъ, гӏадамал, цоцазе рокьиги хинлъиги кьезе.\nЩиб лъалеб, Тӏадегӏанас нилъер хӏалбихьизе, нилъ лъикӏалде кантӏизе тӏамураб балагь батизеги бегьула гьаб. Цоцазул адаб чӏаго рукӏаго гьабизе кколиланги щурулеб букӏанин ккола хвелалъ, — илан абуна Гӏайшатица.\nГӏумруялъул гӏидраялда кунчӏарал цӏаял\nДун урхъун ялагьун йикӏана гьелъухъ ва кӏвар кьун гӏенеккана гӏумруялъ кӏодолъизе гьаюрай гӏолилалъул хъахӏаб халгӏаталъул къисаялъухъ. Гьеб кунчӏизабуна орденалъ.\nКоронавирусалде данде къеркьолаго, бихьизабураб хӏаракат-чилъиялъухъ жеги лъеберилъегицин санал рахинчӏей Дагъистаналдаса гӏолилай Идрисова Гӏайшат Идрисовна мустахӏикълъана цӏакъго тӏадегӏанаб шапакъаталъе – Н. Пироговасул орденалъе.\nГьеб букӏана гӏолилалъул гӏумруялъул гӏидраялда кунчӏизе ругел цӏаязе кӏудияб цеберагӏилъун.\n— Москваялде ахӏулей йигилан абидал, божизего бачӏунеб букӏинчӏо. Щаяли лъаларо, гьаб нухалдаги доб Икъбалалъ дун рехун течӏо. Кӏудияб залги. Кӏудиял хъулухъазул, цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамалги ва жеги дидаго гьитӏинаб лъимерилан кколей дунгоги…, — ян къварилъахъдизе лъугьана гьанжеги Гӏайшат.\nРоссиялъул хӏукуматалъул председателас орден кьолеб лахӏзат. Кинабдай гьеб букӏараб гӏолохъанай тохтуралъе.\n— Цӏидасанги цебе бачӏана доб хӏинкъараб заман, нижеде божарал унтарал, хвасар гьаризеги кӏвечӏого, гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабурал гӏолохъабиги, гьездаго цадахъ харабиги. Рохалидасаги пашманлъи гӏемер букӏана. Бугониги, рекӏелъе чӏухӏиги бачӏана. Гьел лахӏзатаз дидаса бохун букӏун батила дир Икъбалги. Гьебги бачӏана дихъе, дир хъахӏаб халгӏатги цадахъ босун, — иланги абун, гьаб нухалда дагьайго разиго гьимана Гӏайшат.\nСахаватлъиялъул лъалкӏал\nЖакъасел гӏолилал. Киналха гьел ругел. Киналго заманабаздаго гӏадал, лъикӏал. Гьезул лъикӏлъиялъулги тӏокӏлъиялъулги бицун гӏорцӏулей йикӏинчӏо Гӏайшат.\n— Нижеда цадахъ сардалги рорчӏана гӏолилаз, цо секундалъгицин ниж жалго течӏо гьез. Гьале доб мугӏрузда рижарал бахӏарчиял гӏолохъабазул сахаватал ишал. Унтаразул къаданирги кӏусана гьел, нижедаго цадахъ гьезухъе бачӏунеб хвелги къабул гьабуна гьез, цо-цояз гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабулел лахӏзаталги гӏахьал гьаруна гьез. Киса-кирего – нижгун. Унтаразухъе аппараталгунги гьел рекерулаан.\nГуребани, хвелги унтиги нахъегӏан къазе рукӏинчӏо. Сахаватлъиялъул лъалкӏаз дагьабги берцин гьабуна хвелалъ кӏвекӏун свакан букӏараб гӏумру.\nКӏалккураб заманги букӏана доб. Кванан бахъунаребщинаб нигӏмат чӏезабун букӏана нижее гӏадамаз. Гьеб гурищ инсанасул сахаватлъиялъул лъалкӏал. Гьелъ хвасар гьабулеб буго жакъаги ракьалда гӏумру, — йилан ахиралдаги абуна Гӏайшатица.\nБиччанте Гӏайшат Идрисовалъул хъахӏаб халгӏаталъул къиса дагьабги гвангъизе, гӏумру тӏегьазе гӏоло гьелъ гьарулел ишазги, унтараздехун бугеб адабияб бербалагьиялъги, гӏолохъанлъиялде гьелъул бугеб гьайбатаб гӏищкъул цӏаялъги."}
{"slug": "10176-koronavirusal-ul-guzhum-khialutsuneb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10176-koronavirusal-ul-guzhum-khialutsuneb-bugo", "title": "Коронавирусалъул гьужум хӏалуцунеб буго", "date": "2020-12-01 12:50:18", "categories": ["med"], "text": "Къоялдаса къоялде цӏикӏкӏунеб буго коронавирусин цӏар бугеб макруяб унти.\nЩаялиго гӏадамал гьелда жеги тӏубанго божулелги гьечӏо. Гӏемерал гӏадамал ракӏараралъуб маскаби раян абулеб жоги рагӏичӏо гьезда, гьел раразги ххвалиего ран рукӏуна, хӏатта кӏалгицин бахчизабичӏого. Гӏумруги хвелги къацандулел ругеб гьаб заманалда, гьадинал малъа-хъваязде цоги нухалда кӏвар буссинабуни лъикӏаб букӏинаан:\n— Кверал гьурмада рахъичӏого тезе хӏаракат бахъе. Гӏалимзабаз чӏезабун буго, гьоркьохъеб хӏисабалда, инсанас 25 нухалъ бахъулин гьурмада кверилан. Гьелго кверал хъвахъвадизе бегьула вирусал ругел бакӏаздаги. Аслияб куцалда гӏадамазде унти бахунеб буго, бераздасан, кӏалдисан, магӏазукъалахъан вирусаз ургьибе нухги бахъун.\n— Зама-заманалдасан чуризе ккола кверал, хӏалкӏун лъамияб сапнаца. Масала, кверал чурулел ругони гӏадамал гӏемераб бакӏалда (кафе, столовая ва гь. ц.), кран къай цохӏо нухалда хӏалтӏизабулеб полотенцаялъ.\n— Хӏалтӏизаре антисептикал. Кӏвар кье гьезул гӏуцӏиялде. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна: 80 % — этанол, 1, 45 % — глицерин, 0,125 — водородалъул перекись гъорлъ бугел.\n— Чинхъулелъул яги хъегӏулелъул, хӏалкӏун хӏаракат бахъе салфеткаби хӏалтӏизаризе. Цинги гьеб салфетка нахъе рехизеги ккола. Цо-цояз кӏал огъохъаталъ бахчула – гьелъулги хӏинкъи буго вирус бахиналъе.\n— Маска базе ккола унтарасги гьесда хадуб хъулухъ гьабулесги. Унтичӏезги бани лъикӏаб буго гьеб, жамгӏияб транспорталъубги гӏадамал гӏемераб бакӏалдаги.\n— Къойил рокъобе жанибе цӏияб гьава биччазе ккола.\nЦо-цо гӏадамазда ракӏалде кколеб буго, цо нухалда унтани, тӏокӏалъ жал унтуларилан. Гьеб гьересияб пикру буго. Гьел гӏадамал кӏиабилеб нухалъ унтарал хӏужабиги руго. Гьелдеги кӏвар кьезе ккола.\nХӏаракат бахъе гӏадамал гӏемерал тадбирал гьоркьор риччазе, масала, бертаби, мавлидал, концертал.\nКоронавирусалъе кумекалъе гриппги тӏаде щолеб бугеб гьаб заманалда, хасго кӏвар кьолеб буго вакцинаялдеги, ай гриппалде данде гьабулеб прививкаялде.\nГьелде кӏудияб кӏвар кьолеб буго Хьаргаби районалдаги. Прививкаби гьаруна администрациялъул хӏалтӏухъабазе. Вакцинация байбихьилалде, терапевт Хадижат Хӏусеновалъ хал гьабуна прививкаби гьаризе ругезул.\nАмма нилъеда лъан букӏине ккола унтарал сах гьаруларо прививкаялъ, гьелъ кумек гьабула, ай черхалъе къуват кьола вирусалде данде къеркьезе. Гьединлъидал прививкаби гьаризе ккола унтилалде. Гьел гьаризе ккола, гриппалъул эпидемия байбихьилалде.\nКоронавирусалде данде къеркьеялде кӏвар кьолеб буго республикаялъул щибаб районалда ва шагьаралда. Масала, гьединаб тадбир тӏобитӏана Казбек районалдаги. Данделъиялда гӏахьаллъана районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаев, администрациялъул жавабиял хӏалтӏухъаби, Роспотребнадзоралъул ДРялъул Гъизилюрт шагьаралда бугеб управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Шамхалов ва цогидалги.\nКоронавирусалъ унтарал сах гьариялъе больницаялда чӏезарун ругел шартӏазул бицана районалъул централияб больницаялъул бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Рашид Амиевас. Гьесул рагӏабазда рекъон, ахӏвал-хӏал жеги хӏалуцараб, захӏматаб буго:\n— Араб анкьалда районалдаса Махӏачхъалаялде витӏун вуго щуго унтарав. Унтун лъабго анкьидаса, гӏумруялдаса ятӏалъун йиго цо медсестра. Руго рокъорго сах гьурулел ругел унтаралги.\nДарабазул риидал букӏараб нахърателги дагьлъулеб буго. Ковидалъе тестал Буйнакск шагьаралда бугеб лабораториялде ритӏани лъикӏ букӏина, гьезул хӏасилал къокъабго заманалда лъалел руго, — ян абуна гьес.\nГьединго районалъул школазда коронавирусалъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Мухӏамадрасул Мухӏамаевасги."}
{"slug": "10177-giadamal-dagl-ulel-rukiin-bishchungo-zakhimatab-mas-ala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10177-giadamal-dagl-ulel-rukiin-bishchungo-zakhimatab-mas-ala", "title": "Гӏадамал дагьлъулел рукӏин – бищунго захӏматаб масъала", "date": "2020-12-01 13:19:31", "categories": ["magiarukh"], "text": "Шамил районалъул Мачӏада росу буго гьидерил жаниблъиялда, сверун рохьаз ккураб, гӏумру гьабиялъе санагӏатаб, тӏабигӏат берцинаб бакӏалда.\nЖакъа росдал жамагӏаталъул гӏумруялъул, администрациялъ гьарурал хӏалтӏабазул ва цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна бегавул Хирамухӏамад Гъазимухӏамадовасулгун.\n— Хирамухӏамад, Мачӏада абураб цӏар кин бачӏараб, гьелъул магӏна щиб?\n— Гӏага-шагарго Х-ХӀI гӏасрабазда росу букӏун буго Соло абулеб бакӏалда. Гӏумру гьабиялъе гьеб захӏматаб бакӏ букӏиналъ, 700 соналъ цебе гьениса жамагӏат гочун буго Чолода абулеб бакӏалде. Гьенив гьавун, гӏун ва вукъун вуго машгьурав шайих Хӏажи-Удурат. Гьев хвараб 1475 соналдаса нахъе, дагь-дагьккун, чолодисел рахъана гӏи-боцӏи хьихьулел «мучӏдул» ругеб бакӏалде, гьениб гӏуна росу. Гьедин бачӏарабин абула росдада Мачӏада абураб цӏарги.\nХӏажи-Удурат гуревги, нижер росулъа рахъана Дагъистаналдаго машгьурал исламалъул гӏалимзаби ва церехъаби. Масала, Шейхмухӏамад, Хӏадис. Гьединго машгьурал гӏалимзаби кколаан Мачӏадаса Багъужало, Шамил имамасул мурид Мухӏамадамин (Мурадило), Гӏачурало-дибир, Шейхмухӏамад Гӏараб.\n— Росулъ чан цӏараки бугеб, гӏумру гьабун чан чи вугев?\n— Росулъ буго 120 цӏараки, гӏумру гьабун вуго 559 чи. Буго школа, лъималазул ах, амбулатория, культураялъулгун хӏухьбахъиялъул центр, КЭМЗалъул ретӏел букъулеб цех. Гьедин бугониги, росулъ гӏадамал дагьлъулел рукӏин буго бищунго захӏматаб масъала.\n— Сундаса бетӏербахъун ругел росдал гӏадамал?\n— Гӏемерисел руго гӏи-боцӏиги хьихьун. Росулъ буго Хӏажиев Хӏасанилги Тиручил Хӏасанилги боцӏи хьихьулеб фермерлъиялъул магӏишатал. Хӏебда росдал гӏадамазе ва гьенир ругел лъималазул ясли-ахазе гьел магӏишатаз чӏезабула гьанги, рахьги, нахги, хӏанги.\nХъутаналда буго колхозалъул букӏараб магӏишаталъул кьучӏалда гӏуцӏараб СПК. Гьелъул буго гӏи-цӏцӏаназул 1200 бетӏер ва 93 чӏегӏерхӏайван. СПКялъул председатель Якъупил Расулица щибаб соналъ жамагӏаталъе хӏалтӏизабизе кьола кӏинусазарго гъурущ.\n— Щиб пишаялда ругел росдал гӏолохъаби, гӏадлу хвезабиялъул гӏарзал рукӏунищ?\n— Гӏемерисел гӏолохъаби руго шагьаразда. Росулъ хутӏаралги жиде-жидер ишазде руссун рукӏуна. МашаАллагь, ахирал соназда къанагӏатги ккечӏо къватӏибе бицине гӏураб гӏадлу хвезабиялъулал лъугьа-бахъинал.\n— Бигьаяб гӏумру гьабизе-йинги абун, росдал гӏадамал гӏатӏиракьазде гочунел ругищ?\n— Нижер росдал буго Гьидалъго кӏудияб, хасалоги риидалги гӏи-боцӏи хьихьизе цӏакъ санагӏатаб мегӏер, мучӏдул, харибакӏал, техника хӏалтӏизабун рекьулел ракьал. Пайда щиб, росдал магӏишаталъул захӏматаб хӏалтӏи гьабизе гӏолилазе бокьулеб гьечӏо. Ракь хӏалтӏизабиги, гӏи-боцӏи хьихьиги гуреб, росулъ гьабизе батӏияб хӏалтӏиги кинабха букӏинеб? Гьединлъидал бертин гьабун хадуб гӏолилазул берал гӏатӏиракьалде гочине бокьун, Гьидерил кьода рукӏуна. Гьеб «унти» сахгьабун бажарулеб даруги гьечӏо.\n— Бегавуллъун чан соналъ вугев, щиб гьабун бажарараб?\n— Гьаб хъулухъалда вугелдаса дир буго щуабилеб сон. Бегавуласул аслияб хӏалтӏи ккола росдал гӏадамазе гӏураб къадаралда лъимги, токги, санагӏатал нухалги чӏезари. Росулъе бачун буго кӏигониги лъел мухъ, кӏиялъего гьабуна капиталияб ремонт. ДРялъул транспорталъул министрасул заместитель Мухӏамад Тӏагьировасулги, Дагъавтодоралъул\nотделалъул начальник Мухӏамад Гӏункӏилаевасулги жигаралдалъун Гьентӏа-Мачӏада росабалъе унел нухал цӏи гьарун къачӏана. Жакъа нижер росулъе гӏадал санагӏатал нухал киданиги рукӏинчӏо ва районалъул цониги росулъе гьечӏо. Планалде босун буго исана гьенибе хъил тӏезеги. Шагьранухал руго росдал киналго кулабазде, рохьоре, магӏарде, ахал-хурзабахъе, харибакӏазде…\nГьурал рахъиндал ва токалъул кваразда гӏазу-цӏер чӏвайдал росулъе ток къотӏулеб букӏиналъ, гӏадамазул гӏарзал камуларо. Районалъул токалъул подстанциялъул нухмалъу-лезда дандги бан, ниж хӏалтӏулел руго гьел гӏарзал лъугӏизариялда тӏад.\n— Гьидерил росабалъни киб гурин, районалдаго ратиларо нужер росдада жанир гӏадал къачӏарал нухал…\n— Росулъ жанир ругел нухазул гӏадамазе бугеб къварилъиги хӏисабалде босун, районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас гьел къачӏазе биччана микьго миллион гъурущ. Гьеб гӏарцухъ росулъе рачӏунеб «Гӏобо» рагӏалда абулеб майданалдеги росулъа унеб шагьранухлул 450 метралъул манзилалдеги, гьединго росулъ жаниб бугеб лъабго майданалдеги тӏуна хъил.\nНижер буго гӏатӏилъиялда бараб росу. Чвахун цӏадал райдал ва ихдал гӏазу бииндал, лъим ине бакӏ гьечӏолъиялъ, росдал къватӏал лъел цӏун рукӏунаан. Нижехъе гьоболлъухъ вачӏарав ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасда рихьана гьединаб тӏабигӏияб балагь бачӏиндал рахъарал суратал, бицана анцӏ-анцӏ соназ нижее бугеб гӏакъуба-захӏматалъул хӏакъалъулъ. Гьес рагӏи кьуна кумек гьабизе, бахъана проект, гӏуцӏана документал ва къватӏазде тӏуна 15-20 сантиметр биццалъиялъул бетон, киса-кирего лъуна чвахунцӏадал райдал лъим жанибе унел рогӏрал.\n— Росдал администрациялъ гьаризе тӏаде росарал хӏалтӏаби кинал ругел?\n— Гьаризе ккарал хӏалтӏаби жеги гӏемерал руго, амма къваригӏунеб къадаралда гӏарац гьечӏолъиялъ буго квалквал гьабулеб. Масала, хасало росдал цо-цо авалазда лъим гӏоларого букӏуна, гьединлъидал нижеца хӏадурулел руго 7,5 километралъул манзилалда магӏардаса лъим бачиналъе къваригӏунел документал. Ракьалда гъоркьан гьабуна канализация, гьелъул хъубаб лъим бацӏцӏад гьабиялъе бакӏ баялъе документал хӏадурулел руго. Культураялъул министерствоялда руго росдал Культураялъул кӏалгӏаялъул минаялъе капиталияб ремонт гьабизеян хӏадурарал документал. Тохтурасулаб амбулаториялъул минаялъе капиталияб ремонт гьабизеян хӏадурарал документал руго Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда. Сельхозстроялъулгун къотӏи-къай гьабуна тӏадеялъул росдал футболалъул майдан цӏи гьабун къачӏазе. Тӏаде босун буго тӏадеялъул росдал кӏиго къватӏ къачӏазе. Чара гьечӏеблъун ккола, цере рукӏараб гӏадин, умумузул букӏараб лъел гьобоги корги цӏи гьабун къачӏаялъул хӏалтӏи. Исана лъугӏизе ккола росдал тӏарада балеб хӏавузги, росдал администрациялде цебе букӏине бугеб шагьаралда гӏадал шартӏазул лъималазул майданги.\n— Росулъ гӏадамазе хӏалтӏи гьечӏилан абуна дуца. КЭМЗа-лъул цехалда ругогури хӏалтӏизе бакӏал…\n— Цехалъул хӏалтӏуе коронавирусалъул бугеб хӏинкъиялъги гьабуна кӏудияб квалквал. Нижер росулъ ретӏел букъизе махщел бугел чагӏи гӏоларого рукӏиналъ, цехалда хӏалтӏизе рачӏаян абун, сверухъ ругел росабазул гӏадамазде хитӏаб гьабуна. Рес буго гьел гьаниреги нахъеги машинабазда рачине, пайда щиб, рачӏунел гьечӏо.\n— Кьишни-къулалъул масъала кин нужеца тӏубалеб?\n— Гьеб масъала цебего къараблъун рикӏкӏине бегьула. Нижер буго кьишни баччизе къачӏараб лъабго полигон. Хасаб машинаялда моцӏрода жаниб кӏиго нухалъ щибаб минаялде аскӏоре щун бакӏарула ва полигоналде чӏехьола кьишни.\nГара-чӏвариялъул ахиралда бокьун буго, нижее гьабураб кумекалъухъ, росдал жамагӏаталъул рахъалдасан баркала кьезе ДРя-лъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасе, районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасе, ДРялъул транспорталъул министрасул заместитель Мухӏамад Тӏагьировасе ва Дагъавтодоралъул отделалъул начальник Мухӏамад Гӏункӏилаевасе."}
{"slug": "10178-l-alkh-ize-rakialda-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10178-l-alkh-ize-rakialda-gechio", "title": "«Лъалхъизе ракӏалда гьечӏо…»", "date": "2020-12-01 13:29:49", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Гъизилюрт район гӏуцӏана 1944 соналда. Гьелъул ракьалъул гӏатӏилъи буго 524 кв. км. Гьениб гӏумру гьабулеб буго 72 азарго чияс: 83,5 процент ккола магӏарулал, 10,5 процент — лъарагӏал, 2,5 процент — чачанал, 1,5 процент — тумал ва цогидалги.\nРайоналда гьоркьобе уна 13 муниципалияб гӏуцӏи (16 росу), гьелъул центр ккола Гъизилюрт шагьар. 2013 соналдаса нахъе районалъул бетӏерлъун вукӏана Шамил районалъул Тӏелекь росулъа Мухӏамад Шабанов. 11 ноябралда, 57 сонил ригьалда гьев къадаралде щвана. Мухӏамадица гӏемераб хӏалтӏи гьабуна районалъул гӏадамазул гӏумру-яшав лъикӏлъизабиялъул мурадалда, рана гӏемерал социалиял объектал. Нижер газеталъулгунги лъикӏаб гьоркьоблъиги букӏана гьесул. Щолаан цоцазухъе гъоркье-тӏадеги. Ракӏалда букӏана Гъизилюрт районалъе сайгъат гьабураб газеталда жаниб газета гьабизегицин. Амма Аллагьасул хъвай-хӏукму батӏияб букӏун бугоха. Ахирисеб нухалда гьев мунагьал чурадихъе щведал, нижеца гьабун букӏана гьесулгун гара-чӏвариги. Амма гьеб газеталда бахъизе дагьалъ кватӏана, коронавирусалъул пандемия сабаблъун ракӏалда букӏараб проект гӏумруялде бахъинабиялъе квалквал ккана.\nКин батаниги, кигӏан кватӏун бугониги гьев лъикӏав инсан, унго-унгояв гӏуцӏарухъан цоги нухалда ракӏалде щвезавиялъул мурадалда, кватӏун бугониги, нижер хӏукму ккана гьесулгун гьабун букӏараб гара-чӏвари гьаб номералда бахъизе.\n— Мухӏамад, радал хӏалтӏуде вачӏунев духъ балагьун администрациялъул азбаралда вугеб заманалда дида ккун букӏана мун вачӏинин чанго машинагун, гӏолохъабаз сверунги ккун. Амма мун вачӏана щибго ахӏи-хӏур гьечӏого, гӏадатияв чи хӏисабалда.\n— Дидаго сверухъ ахӏи-хӏур гьаби цӏакъ бокьуларо, гьеб дие хӏажатаб жоги гуро. Пачалихъалъул хӏалтӏуде вачӏаралдаса дир киданиги букӏинчӏо «охрана». Цӏикӏкӏараб хӏинкъи бугеб, хӏалихьалъи гӏемераб заманалдацин дида цадахъ вукӏунаан кӏиго гӏолохъанчи, дирго гӏагарал васал. Дун лъелгоги вачӏуна хӏалтӏуде, лъиданиги цӏехечӏого радал-къаси щола цо-цо росабалъеги.\n— Гъизилюрт район буго Да-гъистаналъул бищун кӏудиязул цояблъун кколеб, цебетӏураб росдал магӏишаталъул муниципалитет. Кинал хӏасилалгун бачӏунеб бугеб район лъагӏалил ахиралде?\n— Тӏадаб хӏалтӏи районалъул киналго идарабаз гьабуна букӏине кколеб хӏалалда. Гьединлъидал хӏасилалги рукӏана лъикӏал. Социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ гӏодоблъиялда ругел районазда гьоркьоб нижеца ккуна кӏиабилеб бакӏ. Инвестициязул рахъалъ районалъ республикаялда ккуна (Махӏачхъалаялдаса хадуб) кӏиабилеб бакӏ, гьезул къадарги бахана 5 млрд гъурщиде. Кӏиго лъагӏалида жаниб нижеца бакӏарана транспорталъулаб налогалъул 52 млн гъурущ, цо гъурущ камичӏого гьеб гӏарацги тӏад буссун бачӏана районалъул нухал къачӏаялъе. Дун бетӏерлъуде вачӏиналде, ай ахираб 40 соналда жаниб районалда бан буго цо ясли-ах. Гьанже нижеца балеб буго анкьабилеб ясли-ах. Я федералияб яги республикаялъул бюджеталдаса гъурущ гӏарацги хӏалтӏизабичӏого, росабалъ бана 2 ясли-ах, футбола-лъул 13 майдан.\n— Сундухъ гьеб кинабго гьабураб?\n— Рес гьечӏин аби буго бищун бигьаяб къагӏида. Балагьани, рес батула. Гӏадамазда бицине, бичӏчӏизабизе ккола гьез кьураб налог унеб бакӏ. Дун гӏемер дандчӏвала хъвай- хъвагӏай гьабичӏого хӏалтӏулел предпринимателалгун, ахӏула гьел низамалде, ругел тӏалабазда рекъон хӏалтӏи гӏуцӏиялде. Гӏемерал руго районалъул гӏумруялда жаниб жигараб гӏахьаллъи гьабулел бизнесчагӏи. Мисалалъе, Нечаевка росулъ балеб буго кӏудияб теплица — парниказул магӏишат. Гьеб базе 600-700 млн гъурущ биччана районалдаса цо бизнесчияс. Дагьал гьечӏо гьединал мисалал, гьез гьабула кӏудияб кумекги.\n— Кинал ругел бачӏунеб соналъул планал?\n— Лъалхъизе ракӏалда гьечӏо. Нижеца гӏахьаллъи гьабула «Мой Дагестан — моя вода», «Мой Дагестан — мои дороги», «Мой Дагестан — комфортная городская среда» программабазда. Гьезда рекъон гьабуна гӏемераб хӏалтӏи, хӏасилалги ккана цӏакъго лъикӏал, гьеб киналъего гӏадамазги кьуна къиматги. Росабалъ ругел рогӏрал басралъун рукӏиналъ, лъел рахъалъ росаби хьезариялъулъ буго кӏудияб масъала. Гьединлъидал, «Мой Дагестан — моя вода» программаялда гьоркьореги лъугьун, нижеда кӏвезехъин буго кӏиго росулъ (Султанянгъиюртгун Стальское) гьеб суал щвалде щун тӏубазабизе (кӏиго соналда жаниб гьеб хӏалтӏи гьабизе бачӏине буго 360 млн гъурущ). Кӏиабилеб программаялда рекъон, нижеца къачӏана 11 къватӏ, ай 20 км нухазул (гьелда гьоркьоре унаро доб транспорталъулаб налогазул 52 млн гъурщиде къачӏазе ругел). Гьарана Хӏабиб Нурмухӏамадовасда ва Калининаул росдал 4-5 къватӏалде гьесул тӏалабалдалъун тӏуна хъил, гьебго къадар хӏалтӏул гьабизе тӏаде босана дицаги. Лъабабилеб программаялъул хӏисабалда рекъон, гъоркьиса 3 росулъ гьабуна кӏудияб хӏалтӏи (жеги цебесеб соналъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабун букӏана цо росулъ). Гьелдаго цадахъ, «Местная инициатива» хӏаракаталъул тадбиралъги рес кьуна 5 росулъ гӏемераб хӏалтӏи гьабизе.\nБасрияб Миякьоб росулъ бухӏараб школалъул суалгун ун вукӏана ДРялъул бетӏерасухъе. 200 млн гъурущ тӏалаб гьабизе кӏвана ва гьале, банги лъугӏун, хӏалтӏизе биччазе буго гьебги. Нечаевка росулъ балеб ясли-ахалъул суалгунги щвана. Гьабуна кумек. Гӏезегӏан руго гьединал мисалал.\n— Мун вуго хӏалбихьи бугев, хӏакимлъиялъул «тӏагӏам» лъарав политик, ишалъулав чи. Цо районалъул гӏорхъабазда жанив къан вукӏине «къваридго» гьечӏищ дуе?\n— Гӏабдулатӏиповасги кьолел рукӏана дие министрасулги, вице- премьерасулги хъулухъал, дица гьел къабул гьаричӏо. Гьанжесеб тӏалъиялъеги бокьун букӏана дун Махӏачхъалаялде вачине, дун разилъичӏо. Дица дидаго абулаан 60 сон тӏубан хадуб тӏокӏав хӏалтӏизе гьечӏин абун. Хадуб щиб ккелебали лъаларо, дуца рехсараб гъоб «тӏагӏамалъ» нахъе виччачӏогоги вукӏине бегьула. Амма бокьун буго хутӏараб 2 соналъ хӏалтӏиги гьабун, парахатго хӏалхьиялде ине.\n— Дур шапакъатазул, щварал цӏаразул, орденалгун медалазул сияхӏ халатаб буго. Гьезда гьоркьоб дуе бищун хирияб щиб кколеб?\n— Доб мехалда (2008 сон) дун хӏалтӏулев вукӏана Махӏачхъалаялда, гӏумру гьабулаан Гъизилюрталда. Доб балагьаб сордоялъ дица гӏумру гьабулеб гӏемертӏалаяб минаялъул цо подъезд букӏана боевиказ ккун. Къаси сагӏат кӏиго тӏубараб заманалда дихъе кӏалъан вачӏана жанисел ишазул министрлъун вукӏарав Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров ва ниж ана гьенире. Гьениб байбихьараб хасаб операциялдаса хадуб бухӏизе лъугьана подъезд, сверухъ букӏана кутакаб кьвагьа-гӏанхъи, бахъана ахӏи. Дихъе кӏалъан рачӏана киналгоги нахъе рачун, цо секциялда хутӏун бугин 5-6 лъимер бугеб кӏудияб хъизамилан абун. Полициялъул участковыйгун дун ана жаниве ва нижеда кӏвана, лъиениги ками ккечӏого, хъизамалъул чагӏи эркен гьаризе. Гьеб ишалъухъ щвараб «За отвагу» медаль (дов участковыясе щвана «Мужество» орден) дица рикӏкӏуна бищун къиматаблъун.\n— Мун вукӏана «Правое дело» партиялъул мухъилъ. Гьабсагӏаталда вуго «Партия роста» гӏуцӏаразда гьоркьов. Битӏун бугищ «Цогояб Россия» бербалагьи гьабичӏого тей?\n— Гьеб рахъалъ дие аслияблъун буго гӏадамазе кӏолеб кумек гьаби. Дир батӏияб мурад ялъуни политикиял хӏаязул хӏасил гьеб гуро. Гьабсагӏаталда дун ккола гьеб партиялъул федералияб политсоветалъул член. Кив ва щиб хӏалтӏуда вугониги, дица киданиги гьабуларо магӏарул гӏадат-гӏамалалдаги нилъер хасияталдаги данде кколареб жо.\n— Гъизилюрт буго гӏемерисел магӏарулаз гӏумру гьабулеб район ва шагьар. Кӏиязулго бутӏрулги руго магӏарулал. Щиб дуца абилеб гьеб рахъалъ?\n— Шагьаралъул бетӏер Малик Патахӏов вуго дидаса дагьав гьитӏинав, амма гӏемерал соназ шагьаралъул администрациялда хӏалтӏарав, хӏалбихьи бугев, гӏадамазулгун гӏаммаб мацӏ батизе кӏолев, хӏалтӏи лъалев чи. Бокьарав бихьинчиясе, щиб хъулухъалда гьев вукӏаниги, къимат кьола гьесул рагӏудалъун ва ишалдалъун. Малик вуго кьучӏаб рагӏул ва чӏванкъотӏараб ишалъул чи. Гьеб хъулухъалда дагьаб заманалда хӏалтӏулев вугониги, гьес бихьизабуна лъикӏаб хӏалтӏи. Нижер буго щулияб божилъия-\nлъулаб гьоркьоблъи ва хӏалтӏиги\nгьабула цадахъ рекъон.\n— Хъвалищ ва цӏалулищ дуца «Хӏакъикъат» газета, букӏинищ гьебги гьоркьоб ккун магӏарулазда абизе бокьараб жо?\n— Хъванги буго, цӏализеги цӏалула. Цохӏо дица цӏалун гуреб, дирго лъималги тӏамула цӏализе. Жакъа гьелда жаниб буго магӏарул мацӏги, тарихги, гӏамал-хасиятги.\nМагӏарулазда бокьилаан абизе — кире кканиги хвезе тоге гӏадат-гӏамал, яхӏ-намус. Ритӏухълъи тӏекълъиялде сверизабизе лъугьарав чиясда киданиги сахаб къо бихьуларо. Нилъеца гьабураб, ахир-къадги, нилъехъего тӏад буссунги бачӏуна."}
{"slug": "10222-zhak-a-mun-gayurab-k-o-bugo-gudul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10222-zhak-a-mun-gayurab-k-o-bugo-gudul", "title": "Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул…", "date": "2020-12-08 10:46:59", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Бигъараб гӏомо\nГьаб бигъараб гӏомо дир гӏумру буго,\nБичизе, чучизе кодоб босуге,\nГьелда рарал гарцӏал дир магӏу буго,\nБитӏизе гьабизе тӏад квер бахъуге.\nЖеги мергуялда кьурун букӏаго,\nКьурун жемараб гьеб бартул шанкӏлида,\nДолъ дунялги сверун юргъа бачараб,\nДир гӏумруялъул кун хадуб цӏалаго.\nГьелда рарал кӏичӏал цоцалъан раккун,\nЦоялъ цояб гъанкъун къвакӏи бижараб,\nЖиб-жибалда жанир чӏинхалги гӏунун,\nГӏодиги угьдиги дихъе бачӏараб.\nАмма кинаб квекӏен данде чӏваниги,\nДугъдан ккун теркӏезе тӏаделъаниги,\nТӏураб бакӏ куналда батизе гьечӏо,\nГьеб цӏцӏел квасул гуро, цӏацӏан бачӏине.\nГьел рарал гарцӏазул, цӏарал кӏичӏазул,\nРалъдал хӏал хӏехьолеб щулалъи буго,\nЩулаго ккола гьелъ кӏудиял ччугӏби,\nКӏал гьакӏкӏан гьитӏинал кваназе унел.\nГьаб бигъараб гӏомо дир гӏумру буго,\nБигъун букӏаниги дие хирияб,\nГьелда рарал гарцӏал дир магӏу буго,\nБакъван инчӏониги къоялъ урхъараб."}
{"slug": "10223-rekia-tokhtur-kivego-shchvezavila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10223-rekia-tokhtur-kivego-shchvezavila", "title": "«Рекӏа, тохтур, кивего щвезавила»", "date": "2020-12-08 11:06:03", "categories": ["med"], "text": "Республикаялда халат бахъунеб буго «Тохтур щвезаве» абураб, тохтурзабазе кумек гьабизелъун гӏуцӏараб, волонтеразул акция.\nЖиндирго машина бугев чияс радал хӏалтӏудеги, хӏалтӏудаса рокъовеги, гьединго, унтаразухъеги щвезавула тохтур. Гьеб акциялъул кумекалдалъун, гьанже тохтурзабазе рес щвана ковидалъ унтарал гӏадамазухъе кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун щвезе. Гьаб анкьил байбихьуда гьединал волонтераз Махӏачхъалаялда, Избербашалда, Дербенталда ва Хасавюрталда кинабниги 50 батӏияб адресалде щвезавуна тохтур.\nГьеб акциялъе тӏоцебесеб къоялдаса нахъего кӏудияб квербакъи гьабулеб буго республикаялда бугеб автоспорталъул рахъалъ федерациялъги.\n«Нижее цӏакъ бокьана гӏадамазул сахлъи цӏунизе ва чиясе лъикӏлъи гьабизе гӏоло гӏуцӏараб гьеб тайпаялъул проектазда гӏахьаллъизе. Гьединго хитӏаб гьабизе бокьун буго, щвараб ресалда пайдаги босун, гьединал лъикӏал ишазда гӏахьаллъи гьабе нужецаян цогидаздеги», — абун бицана Автоспорталъул федерациялъул вице-президент Эльдар Цахаевас."}
{"slug": "10225-dinaldekhun-bitiarab-berbalagi-smiyazdagi-barab-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10225-dinaldekhun-bitiarab-berbalagi-smiyazdagi-barab-bugo", "title": "Диналдехун битӏараб бербалагьи – СМИяздаги бараб буго", "date": "2020-12-08 11:13:25", "categories": ["history"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда, «Гьудуллъиялъул рокъоб» тӏобитӏана «Дин ва СМИ» абураб цӏаралда гъоркь тӏоцебесеб бахӏсазулаб платформа. Гьенир рорхарал суалазул аслияб мурад букӏана диналда хурхарал темаби СМИяз халкъалда рагӏизари. Диналда хурхарал темаби рагьулелъул, СМИязда дандчӏвалел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицунеб данделъиялда гӏахьаллъана пачалихъиял, диниял ва жамгӏиял гӏуцӏабазул, СМИязул вакилзаби.\nИслам – ракълилаб дин\nДанделъиялда кӏалъалаго, ДРя-лъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас бицана медиа-сетазда динияб лъай кьеялъул суалал ритӏун рорхиялъул, диниялгун жамгӏиял гӏуцӏаби информациялъулал ишазулъ гӏахьаллъиялъул кӏудияб кӏвар букӏиналъул хӏакъалъулъ.\nДанделъиялда гӏахьаллъизе ра-чӏун рукӏана Коми республикаялдаса гьалбалги. Комиялъул миллияб политикаялъул министр Галина Габушевалъ бицана Дагъистаналда Коми республикаялъул къоял кӏодо гьаризе рукӏиналъулги.\n«Килиса ва СМИ» абураб докладгун кӏалъарав иеромонах Иоаница бицана Дагъистаналда киналго шартӏал гӏуцӏун ругин диниял конфессиязул вакилзабазе. Гьесул рагӏабазда рекъон, республикаялда диназул суалазда тӏасан дандеккунгутӏабиги рукӏунаро.\n— Нижеда гьоркьоб кинабгӏаги дагӏба букӏунаро, гьеб букӏине бегьулин абун ракӏалдеги кколаро. Нижер мурад буго гьединабго къагӏидаялда гӏолохъанаб гӏел куцайги. Пандемиялъул заманалда киназдаго бихьана Дагъистаналда дин батӏиялин, миллат батӏиялин абун гӏадамал ратӏа гьарулареблъиги, — ян абуна Иоаница.\nМуфтияталда цебе бугеб медиа-холдингалъул вакил, «Ас-салам» газеталъул бетӏерай редактор Наира Махӏмудовалъ республикаялда ругел диниял СМИял рехсана ва гьезул хӏалтӏулъ дандчӏвалел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицана.\n— Цо-цо СМИязул вакилзабаз, исламалде гъорлъецин раккичӏого, кьолеб буго къватӏибе диналдехун божилъи гьечӏолъи яги рокьукълъи бижизабулеб информация. Мисалалъе, ботӏрода кӏаз чӏварай, берцинго ретӏа-къарай бусурманчӏужу йихьизаюлей йиго къварид яги хӏакъир гьаюрай гӏаданалъул сипаталда. Гьединлъидал жакъа СМИяз гӏицӏго терроризмалде данде къеркьей гуребги, диналда гьезего гьечӏеб жо бицунелги ритӏизаризе кколел руго.\nТахшагьаралда «Шагьидазул сквер» рагьулеб мехалда, цебеккунго ва чанцӏулго бичӏчӏизабизе ккана гӏадамазда шагьид абураб рагӏул битӏараб магӏна.\nАхираб заманалда динияб тематикаялъул информация цӏехолезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго.\nДиниял официалиял СМИяз исламалъул хӏакъалъулъ кинабго хӏакъикъат бицуна. Хӏакъикъияб ислам лъазабулев чиги батӏи-батӏиял диниял рикьалабаздеги экстремизмалдеги лъугьине ресги гьечӏо, — ян бицана Н. Мухӏамадовалъ.\nКультура бугелъуб захӏмалъаби дандчӏваларо\n«Диназда гьоркьоб лъикӏаб ахӏвал-хӏал букӏинабиялъулъ СМИялъ кколеб бакӏ» абураб докладгун кӏалъарав жамгӏияв хӏаракатчи Зубайру Зубайруевас рикӏкӏунеб буго республикаялда диназда яги миллатазда гьоркьор захӏмалъабиго гьечӏин абун. Гӏадамазул батӏи-батӏияб культура букӏиналъ раккулел ругин дандеккунгутӏиялин бицана гьес.\n— Нилъеда бичӏчӏизе ккола, маданияталъул даража борхизабиялда тӏад хӏалтӏани, нилъеда гьоркьоса тӏагӏуна миллияллъун рикӏкӏунел гӏемерисел захӏмалъаби. СМИязда тӏад кӏудияб жавабчилъи буго Дагъистаналъул лъикӏаб рахъ цебетӏезабиялъулъги гьеб жамагӏаталда бихьизабиялъулъги», — ян абуна З. Зубайруевас.\nЖурналист, политолог Ханжан Къурбановас СМИяздехун хитӏаб гьабуна дин ва диниял гӏадамазул къадру гӏодобегӏан гьарулел цо-цо рагӏабаздаса инкарги гьабун, битӏараб магӏнаялда кьезе кколин диналда хурхараб баянилан абун. Масала, терроризмалъул бицунаго «исламизм» абичӏого, исламалда нахъаги рахчун тӏибитӏизабулеб экстремизм абуни битӏараб букӏинин рикӏкӏунеб буго политологас.\nЖурналистазе диналда хурхарал рагӏабазул магӏна бичӏчӏизабулел хасал памяткаби гӏуцӏани лъикӏ букӏинин абураб пикруги загьир гьабуна Х. Къурбановас.\nСМИязул кумекалдалъун динияб гӏумру хӏакъикъияб куцалда бихьизабулеб бугони, экстремизмалъул нухде лъугьунезул къадар дагьлъизе бугин бицунеб букӏана данделъи-ялде рачӏарал диниял ва жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабаз.\nТеррористасулги экстремистасулги сипат-сурат бихьизабизе ва гьез гьабулеб ишалъе къимат законалъул бицун гуреб, Къуръаналдаса ва хӏадисаздаса пайда босун бичӏчӏизабизе кколин абураб пикруялде рачӏун ругин гьанже хӏакимзабиян бицана хадубги Къурбановас.\n— Рохьазде унел гӏолилазда ракӏалде кколеб буго жал диналъе гӏоло къеркьолел ругин. Гьел нахъе ахӏизе ккани, гьезда бичӏчӏизабизе ккола законалъ тамихӏ гьабизе букӏин гуребги, ислам ракълилаб дин букӏинги. Гьез гьабулеб пиша диналде дандекколареб букӏин. Гьениб хӏалтӏизабизе ккола Къуръанги хӏадисги, — ян кӏалъана политолог.\nИсламалъ чӏужугӏадан цӏуни\nАхираб заманалда гӏемераб халкъ жаниб бакӏарулеб, бицунелдаги хъвалелдаги хадув чи гъолареб Интернеталда Дагъистаналъул ва исламалъул хӏакъалъулъ тӏиритӏизарулел квешал харбазул хӏакъалъулъ суалалги рорхана данделъиялда.\nЖамгӏиял хӏаракатчагӏаз ва диниял вакилзабаз бицана федералиял СМИяздагицин Дагъистан ва ислам къватӏиб чӏвазабизе, гьеб квешаб рахъалъ бихьизабизе хӏаракат ба-хъулеб бугин.\n— Цо-цо гӏадамаз яхӏ бахъулеб буго Дагъистаналда чӏужугӏадан рокъойги тӏамун хӏакъир гьаюлей йигеб гӏадин бихьизабизе. Республикаялдеги рачӏун, цо-цо гӏунгутӏабиги гӏочӏода чӏван, гьеб Дагъистаналъулго халкъалъе хасиятаблъун бихьизабулеб буго СМИязул цо-цо вакилзабаз. Хӏижабги чӏужугӏаданалда хӏалихъе ретӏи-забулеб бугин бицунеб буго гьез. Дагъистаналъе хасиятаб бихьинчиясдаги чӏужугӏаданалдаги гьоркьоб бугеб адабгицин тӏагӏинабизе хӏаракат бахъулеб буго. Раккулел руго феминисталин абурал гӏуцӏаби. Исламалда чӏужугӏадан кидаго цӏунарайлъун йикӏинги гьез гӏадахъ босуларо. Лъикӏал мисалалги рихьизего гьаруларо. Бокьилаан Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъги, киналниги СМИязги республика къватӏиб чӏвазабулел фильмал рахъизе гьукъизе, — ян абун бицана ДРялъул муфтияталъул вакил Мухӏамад Мухӏамадовас.\nАхираб заманалда социалиял гьиназда гӏемер бицунеб, Дагъистаналда чӏужугӏадан хӏакъир гьаюлей йигин абун телевидениялдасан ва социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб фильмалъул хӏакъалъулъги суал борхана жамгӏиял хӏаракатчагӏаз. Гьелда данде жаваблъун нилъер диналда ва гӏадаталда рекъон чӏужугӏаданалъул бугеб къадру бихьизабизе кколин рикӏкӏунеб буго «Аварал» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакил, блогер Патӏимат Гӏабдурахӏмановалъ. Цогидал халкъазда дандеккун ни-лъер республикаялда чӏужугӏадан цӏунарайлъун ва къадруяйлъун йигин рикӏкӏунеб буго жамгӏияй хӏаракатчӏужуялъ."}
{"slug": "10226-bashchdab-nukh-tanin-abize-begila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10226-bashchdab-nukh-tanin-abize-begila", "title": "Бащдаб нух танин абизе бегьила", "date": "2020-12-08 11:18:32", "categories": ["med"], "text": "Вирусолог, профессор, РАНалъул член-корреспондент, Сеченовасул цӏаралда бугеб институталъул директор ккола Александр Лукашев. Коронавирусалъул масъалабазул хӏакъалъулъ гьесулгун букӏараб гара-чӏвариялда рорхулел руго гӏезегӏан кӏвар бугел суалал. «Хӏакъикъаталъул» цӏалдолезе гьелъул кӏвар букӏинги хӏисабалде босун, нижеца гьеб бахъулеб буго къокъги гьабун.\n— Александр Николаевич, коронавирусалъ унтуларел чагӏи рукӏунищ?\n— Халкъалъул лъабго бутӏа гьабун цо бутӏа гӏадамазул букӏуна коронавирусалда данде «клеточный» абулеб иммунитет бугеб. Гьеб гӏадатияб антителазул иммунитет гуро. Гьел ккола лимфоцитал, ай коронавирусалъул клеткаби лъалел ва гьел чӏвалел иммунияб системаялъул Т-клеткабазул клонал.\n— Цоял бигьаго, цогидал захӏматго унтиялъе гӏилла щибха?\n— Кинабго бараб букӏуна инсанасул чорхолъе ккарал коронавирусазул къадаралда: азарго вирус ккун бугони, бигьаго унтула, миллион ккани — захӏматго унтула.\n— Коронавирусалдаса сах гьавурав чи кӏиабизе унтулищ?\n— Къанагӏат унтула, амма захӏматго унтуларо.\n— Коронавирус гӏадаб хӏинкъи бугеб унти бахинчӏого букӏиналъе сапнаца кверал чуриялъ кумек гьабулищ?\n— Бактериязда данде хӏалтӏи-забулеб хасаб сапун рикӏкӏинчӏого, гӏадатияб сапнацаги вирусал чӏвала. Коронавирусалъул хъал букӏуна липидазул, ай вирус ккола нахулъ бугеб цӏакъ гьитӏинаб зарра. Гьединлъидал вирус бокьараб сапнаца бихха-хочизабула.\n— Коронавирусалдаса цӏуниялъе гӏаракъи-чагъиралъ квербакъулин абураб жо битӏараб бугищ?\n— Къвакӏарал гьекъолел жалазул коронавирусалдаса цӏуниялъе бицине гӏураб пайда букӏунаро. Антисептик хӏисабалда хӏалтӏизабизе бегьула, ай кверазда ва гьурмада ругел вирусал чӏваялъе, гьебгиха 60 проценталъул къвакӏи бугеб.\nХъалиян бухӏулел чагӏазул хӏакъалъулъ абуни, гьелъие батӏи-батӏиял цӏех-рехаз батӏи-батӏияб къимат кьолеб буго. Цояз абулеб буго хъалиянчагӏи коронавирусалъ дагь унтулин, амма гьезул цӏа-кан бахин, гьуърал гьорой (пневмония) захӏматаб букӏунин.\n— Кинавго чиясе вакцина гьабизе бугин абураб хабар битӏараб бугищ?\n— Вакцина киназего щвезе бугищин гьикъаниго битӏун букӏина. Вакцина кколелъулха цӏакъ багьаяб препарат.\n— Нилъеца маскаби кида рахъи-зе ругел ва социалияб манзил цӏуниялдаса кида инкар гьабизе бугеб?\n— Гьеб бараб букӏина гӏураб къадаралда вакцина чӏезабиялда ва коллективияб иммунитет лъугьиналда. Амма коронавирус тӏубанго тӏагӏунаро, гьединлъидал херал, унтарал чагӏаз хадубги цӏуни-къай гьабизе ккезе буго. Бачӏунеб соналъул ихдалиде ахӏвал-хӏал лъикӏлъизе бегьула.\n— Дун коронавирусалъ унтун вуго, амма тохтурасухъе ине бокьун гьечӏо. Вирусазда данде рихьизарурал дараби рокъорго гьаризе бегьуларищ?\n— Вирусазде данде хӏалтӏизарулел гӏемерисел дараби загьруяллъун рикӏкӏуна, черхалъе гьез квешаб асар гьабизе бегьула. Гьединлъидал, дару тохтурас хъвазе ккола. Нилъго нилъецаго сах гьаризе лъугьине бегьуларо. Щайгурелъул, рукъалъул шартӏазда COVID-19 къватӏул унтабаздаса батӏа бахъизе кӏоларо.\n— Коронавирусалдаса цӏуниялъе Россиялда вакцина гьабун буго. Амма дир ракӏ чӏоларо гьелъ лъикӏаб хӏасил кьезе букӏиналда. Сахлъиялъе вакцинаялъул кинабгӏаги хӏинкъи букӏинадай?\n— Россиялда хъвай-хъвагӏай гьабуна кӏиго батӏияб вакцинаялъул. «Спутник V» абураб вакцина хӏадурана академик Гамалейил цӏаралда бугеб эпидемиологиялъул ва микробиологиялъул НИЦРалъ. Кӏиабилеб — «ЭпиВакКорона» — «Вектор» абураб вирусологиялъул ва биотехнологиялъул гӏелмияб централъ. Рахунел унтабазул тохтурзабаз тӏоритӏарал цӏех-рехаз кӏиябго вакцинаялъе лъикӏаб къимат кьуна ва прививка гьабун хадуб коронавирусалъ унтулареблъи чӏезабуна. Жеги унел руго гьезул клиникиял хӏалбихьиял. Вакцинация гьабизе буго жидеего бокьун, ай гьелдаса инкар гьабизеги бегьула.\n— Дие бокьун буго вакцина гьабизе. Кин гьеб гьабилеб?\n— РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ лъазабухъе, тӏоцебесеб иргаялда, вакцина гьабизе буго учительзабазе ва медиказе. Бокьарав чиясе рес буго вакцинаялъул клиникиял хӏалбихьиязда гӏахьаллъизеги. Гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рех ва хъвай-хъвагӏай гьабизе бегьула mos.ru порталалъул гьумералда.\n— Кида нилъ коронавирусалдаса тӏуранго эркенлъизе ругел?\n— Гӏураб къадаралда иммунитет бугел гӏадамал гӏемерлъидал. Гьебги ккола халкъалъул 50-70 процент. Иммунитет бугел чагӏазул къадар цӏикӏкӏанагӏан, дагьаб букӏина вирусалде данде гьарулел тадбиразул кьвари ва хӏалуцин.\n— Дур пикруялда, коронавирусалъул хӏинкъи гьечӏинги абун, тохтурзабаз маскаби рахъизе изну кьураб заман кидадай букӏина?\n— Самоизоляциялде дандеккун, маска ккола коронавирусалдасаги цогидал унтабаздасаги цӏуниялъе бищунго гӏадатияб, хӏинкъи гьечӏеб ва цӏикӏкӏун харж унареб сабаб. Дир пикруялда, бачӏунеб соналъул январалдаса байбихьун, дагь-дагьккун маскабаздаса инкар гьабизе бегьила."}
{"slug": "10227-dozhdal-bikhizaburab-filmal-dag-istan-surizabularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10227-dozhdal-bikhizaburab-filmal-dag-istan-surizabularo", "title": "«Дождалъ» бихьизабураб фильмалъ Дагъистан суризабуларо", "date": "2020-12-08 11:29:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда «Дождь» телеканалалдасан бихьизабуна нилъер республикаялдаса лъабго ясалъул хӏакъалъулъ «Снявшие хиджаб» абураб документалияб фильм.\nГьел ясаз бицунеб буго жал ро-къосеб зулмуялдаса лъутанилан. Гьединго инкар гьабунила чамалиго соназ тӏад чӏварал хӏижабаздаса. Гьезул цояй ккола лъабго лъимадул эбел Нина. Гьелъ хӏижаб бахъун буго 17 соналъги чӏван.\nНинаца бицунеб буго гьитӏинго инсуца жий Грузиялде гӏагарлъиялъухъе ясазул суннат гьабизе йитӏанила, хадуй расги бокьичӏого росасе кьунила. Гьанже ятӏалъун рагӏула.\nЦогидал ясазулги гьелдаго релълъарал лъугьа-бахъинал ккун руго. Гьезул цоялдаса жиндирго инсуца инкарги гьабун рагӏула.\nГьанже фильм къватӏибе бачӏун хадуб Нинае хӏинкъаби кьезе гьей хӏалтӏулеб тукаде кӏиго бихьинчиги вачӏун вукӏун вуго. Гьединлъидал гьелда аскӏов хъаравул тезелъун фильмалъул авторалъги инсанасул ихтиярал цӏунулезги гӏарац бакӏарулеб буго.\nПалхӏасил, гьел ясазул къисматалда ракӏ гурхӏун буго цо халкъ, цогидал руго гьез Дагъистан суризабунилан бицунел, лъабабилел руго гьезда гӏайиб гьечӏин, гьезул хъизамазда гурони, гьединлъидал жамгӏияталъ хвасар гьаризе кколин гьелилан.\nЖийго фильмалъул автор Марфа Смирновалъги абулеб буго жинца хас гьабун дагъистаниялин, бусурбабиян рахъарал ясал гурила гьел. Жиндие бокьун букӏанила рокъосеб зулмуялдаса эркенлъизе къваригӏарал руччаби рихьизаризе.\nГьеб фильмалда тӏасан пикру загьир гьабулаго, машгьурав журналист Максим Шевченкоца абуна Дагъистаналъул жамгӏияталъул хӏакъалъулъ бицунеб лахӏчӏегӏераб гьереси кколила гьеб, щайин абуни гьей лъабайго ясалъул гӏадаб къисмат Дагъистаналъул тӏолалго руччабазулги бугилан ракӏалде ккезе бегьулила фильмалъухъ балагьидал.\nГьединлъидал Шевченкоца мисалалъе рачунел руго бутӏрузда кӏазал къарал, амма гӏелмугун жамгӏияб хӏалтӏи цадахъ бачунел талихӏал руччабиги.\nАраб анкьалда Марфа Смирновалъул фильмалда тӏасан хабар ккана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул данделъиялдаги.\nЦогидаздаго цадахъ гьелда тӏасан пикру загьир гьабуна жамгӏияй хӏаракатчӏужу Патӏимат Гӏабдурахӏмановалъ (Фати Добро).\nФильмалъул авторалъ талихӏкъарай лъабго чӏужугӏадан ялагьун ятани, дица 30 секундалда жаний талихӏай 30 дагъистанияй ялагьилин абуна гьелъ.\nХас гьабун «Хӏакъикъаталъе» гьадин бицана Патӏиматица фильмалдехун жиндир бугеб бербалагьия-лъул хӏакъалъулъ:\n— Гьел ясазе гӏакъуба кьурал, гьел къварид гьарурал бихьинал ритӏухъ гьарулел гьечӏо гурищ дица. Кинаб батаниги зулмуялда (рокъосебги цогидабги босани) дандечӏарай гӏадан йиго дун.\nДир ракӏ гъанцӏизабуна гьеб фильмалда Дагъистан кутакалда сурукъаб рахъалдаса бихьизабулеб букӏиналъ. Журналисткаялъ гьениб цохӏо рахъ гурони бихьизабулеб гьечӏо. Гьелъухъ балагьарав чиясул ботӏролъе бачӏуна цо пикру – «Дагъистаналда гӏалхулаб ислам букӏиналъ руччаби кӏанцӏизе бакӏ тӏагӏун руго, гьединлъидал гьениса къватӏире тӏуризе ккола» абураб.\nФильмалъ бахъинабураб ахӏи-хӏуралдаса хадуб гьелъул автор Марфа Смирновалъ кьураб интервью бихьана дида. Гьелъ абулеб бугоан жал мекъи ричӏчӏун ругила балагьаразда, жидеца цебе лъураб масъала батӏияб букӏанила. Букӏун батани, «Дие Дагъистаналда чӏужугӏаданлъун вижизе бокьилароанин» абулев цо гӏолохъанчи щайха гьелъ гьенив вихьизавулев вугев? Журналисткаялда лъаларогойищ гьединал жалаз гӏадамазулъ кинаб пикру бижизабулебали?\nГьединал рахъал гӏемер руго гьенир. Масала, цӏогьохъего рачӏун мажгиталдегун, как балел руччаби нахъасан щай камераялде рахъизе кколел?\nГьединлъидал журналисткаялдехун гурони, гьенир рихьизарулел ясаздехун дир кинабгӏаги тӏадкӏалъайго гьечӏо. Гьезул къварилъи бичӏчӏун, гьезие кумек гьабизе къваригӏарай гӏадан гьей ятани, ясазул гӏага-божарал, эбел-эмен щай гьелъ рихьизарулел гьечӏел? Гьел кодоре щун ратичӏони, лъале-хъвалелниги щай ралагьичӏел? Гьезда гьоркьоса цонигиясниги бицинаан гурищ ясазулалдаса батӏияб пикру.\nГьединго Гъизилюрт районалъул Шушановка росдал школалъул учительница Равзанат Увайсовалъги бицана газеталъе жиндирго пикру. Чанго соналъ цее гьей гӏахьаллъана Москваялдаса журналистаз бахъараб цогидаб фильмалъулъ. Гьениб бицунеб букӏана магӏарухъ руччабаз хурибгун ахикь гьабизе кколеб захӏматаб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n— Ниж гӏахьаллъараб доб цояб фильмалдаса хадубги абулеб букӏана нижеца Дагъистан суризабулеб бугила, гьанже гьедин республика къватӏиб чӏвазабуралъухъ щвараб гӏарцухъ Мальдиваздаса гӏебеде хӏухьбахъулел ратилилан.\nАмма доб фильм гьаб цоялдаса гӏемерго батӏияб букӏана. Хӏал щолеб хӏалтӏи гьабиялдалъун (чӏахӏи-чӏахӏиял магьал раччун, харицел хьвагӏун – ред.) чӏужугӏаданалъул сахлъи жагъаллъулин абураб пикру лъун букӏана долда жаниб.\nГьаб «Дождалъул» фильмалда бихьизабулеб буго ясал исламалъул лагълъиялдаса лъутулел ругилан абураб пикру. Амма, дир хӏисабалда, исламалъ гуро гьел лагълъиялде ккезарурал, гьезда рухӏияб сакъатлъи ккезабун буго гьезул жидерго хъизамаз, жамгӏияталъ.\nНижер Цӏунтӏа районалде гӏадамазда гӏелму малъизе вачӏун вукӏана гьев. Амма жиндихъе рачӏаразда гъорлъ руччаби рихьулел гьечӏолъиялда гӏажаиблъун вукӏана. Нужер лъимал куцалей, гьезие тарбия кьолей гӏаданлъидалин гьей, гьединлъидал цониги чӏужугӏадан щай жинда гьаний гьоркьой йихьулей гьечӏеян абулеб букӏана гьес."}
{"slug": "10228-magiarukh-l-i-bertsinl-ulel-ishal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10228-magiarukh-l-i-bertsinl-ulel-ishal", "title": "Магӏарухълъи берцинлъулел ишал", "date": "2020-12-08 11:33:24", "categories": ["magiarukh"], "text": "Лъим бугеб бакӏалда гьитӏинабго бугониги къулгӏа балеб гӏадат букӏана нилъер умумузул. Свакан унев чи, нухда къулгӏа батидал, жиндир рукъалъул бокӏон батарабгӏан вохулаан. Щивасе санагӏаталъе бараб бакӏ гьеб букӏинги бичӏчӏун, гьениб рацӏцӏалъиги цӏунулаан.\nГьениб какги бан лъимги тӏад гьекъон, хӏангун чедги кванан чучулаан нухлулазул свак. Цӏияб къуват, чӏаголъи бачӏунаан лъелго унел гьезул махӏабалъе. Какие чуризе лъим, маххул банка, как базе хъорщол къачӏан гьабураб бокӏон — гьединаб букӏана къулгӏа дир лъимерлъуда.\nСапаралъ чи гӏемер вахъунеб, нухазда хьвадулел машинабазул сас къасиги къотӏулареб заман буго гьаб. Нухлулал цӏикӏкӏанагӏан даран-базарги цебетӏуна шагьраялъул рагӏа-ракьанда бизнес гӏуцӏаразул. Гьеб батӏияб тема буго, жакъа бицине бокьун буго нухлулазе санагӏалъиялъе, Аллагьасе гӏоло жидеца харжал гьарулезул хӏакъалъулъ.\nАлхӏамдулиЛлагь, нухда рукӏаго какил гӏуж щвани гьелъие санагӏалъи рекъезабун буго магӏаруллъиялда. Мадугьалихъ районазда данде-ккун нухазда мажгит-къулгӏабазул къадар гӏемерго цӏикӏкӏараб буго Шамил районалда. Гьеб рахъалъ кутакалда нахъе ккарал, какие нухда санагӏалъи мукъсаналги бакӏал гӏемер ратула районазде унаго.\nКак базе гуребги, квачарав, вакъарав нухлулав лъалхъизе, гъурущ хвезабичӏого кӏалдиб рикъзи лъезе, бухӏараб чаялъул стакан гьекъезе рес бугел бакӏал руго гьаб заманалда. Ракӏ бохулеб, ракьцояздаса чӏухӏулеб лъугьа-бахъин ккана дагьалъ цебе Гьолокь росдал рагӏалда лъалхъидал. Цадахъ рукӏана шагьаралдаса Шамил районалде рачӏунел гьалбалги.\nВацазе кинигин хӏадурараб квен\n«Всё бесплатно» абун чӏахӏиял хӏарпаз игӏлан хъвараб, берцинго къачӏараб беседка гӏадаб, 6-7 чи гӏодов чӏезе бегьулеб бакӏ батана нухлул рагӏалда. Авар гӏурул мухъгун Гьолокь росдал басрияб авал цебе тӏибитӏулеб берцинаб бакӏги буго гьеб. Жанире раккун балагьидал, столалда тӏад бугоан вацазе, васазе эбелалъгун яцаз къачӏараб гӏадаб радалквен: рокъоб къанида бежараб чед, хӏан, нах, релъун ханал. Чай-кофе гьекъезе бугеб санагӏалъиялъул, гьуинал нигӏматазул, рацӏцӏа-ракъалъиялъул хӏакъалъулъ бицани, макъала халалъила.\nАскӏов вихьуда чиги гьечӏоан. Нухлул рагӏалчӏван унел гьакьадерида цӏех-рех гьабидал лъана гьеб иш Гъазимухӏамад Муртазагӏалиев абулев чияс гьабураб букӏин. Кванил нигӏматал хӏадуриги тепси гӏуцӏиги Гъазимухӏамадил яцалъул тӏалабалда бугинги бицана.\nГьенибго ракӏалде щвана цо чанго соналъ Гьолокье букӏараб хӏалтӏулаб сапарги, росдал хӏуби гӏадав Гъазимухӏамадин цӏар бугев гӏолохъанчиясулгун лъай-хъвай ккараб къоги. Доб букӏана гьакьадерил басрияб авалалде унеб аслияб къотӏнобе хъил тӏолеб заман. Гьеб къоялъ нижеда Гъазимухӏамад ватана кодоб газа-рахангун, гъуждул гурун хӏалтӏулел росдал гӏолохъабазул гурулъ.\n«Гьале гьав гӏолохъанчиясул баркаталдалъун чанги лъикӏал ишал гьарулел руго росулъ», — ин абуна доб къоялъ гьакьадерил бегавул Мухӏамад Гӏалиевас.\nМиллионал рикӏкӏун росулъ хъил тӏезе гьес гьарурал харжазда гӏажаиблъарал нижее жавабалъе Гъазимухӏамадица абуна:\n— Нилъеца ракӏ разиго 10 гъурущ кьуни, Аллагьас 15 нилъееги кьола. Цо гьитӏинабниги гӏадамазе пайдаяб хӏалтӏи гьабун рагӏалде бахъани, батӏияб хӏалхьи букӏуна ракӏалъе, — ян. «Всё бесплатно» беседкаялда аскӏобго нухлулазе санагӏаталъе саламатаб мажгитги бан буго Муртазагӏалиевас.\nГъазимухӏамадил сахавалъия-лъул, ресукъав вихьун чиясе гьабулеб лъикӏлъиялъул бицен гӏемер буго.\nГьанибго тӏаде жубала жеги цо-кӏиго къулгӏаялъул баянги.\nИман бугев чияс квалун буго квер\nГӏезегӏанго сонал руго Гьидерил кьодул сверулъ къулгӏа баралдаса. Къулгӏа гуребги, гьеб букӏана Гьидерил росабалъа рахъарал исламалъул гӏалимзаби, устарзаби ракӏалдещвеялъул мемориал гӏадаб бакӏ. Бищунго захӏматал 90-абилел соназ гьабун рагӏалде бахъараб гьеб хӏалтӏи тӏалаб-агъаз гьабичӏого рехун тун букӏана гӏемерал соназ. Бицунаго хутӏун букӏана гьенибе ток бачиналъул\nхабарги. Исана риидал, сардил гӏужалъ шагьаралдаса рачӏунаго гвангъун чирахъал рихьана, Авар гӏурул квегӏаб рахъалдехун бугеб гьеб къулгӏаялъуб. Лъалхъизабун машинагун жанире щвана. Иман бугев чияс квер квалун буго гьениб — какие чуризе, как базе бегьулеб санагӏалъи гӏуцӏи гуребги, нухлулазе чай-кофе гьекъезеги рес буго. Цӏех-рех гьабидал лъана Хӏебда гӏумру гьабун вугев Гӏурадаса Гӏусбан Гӏумаровасул хъизан-рукъалъул хӏаракаталдалъун гьеб иш гьабураблъи.\nУзухъда, «Гьидалъ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏаракаталдалъун бараб гьеб комплекс буго жеги цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе кколеб бакӏ, гьелъиеги ратила сахаватал ракьцоял.\nЦоги цӏияб, цӏакъ санагӏатаб мажгит-къулгӏа эхетана гьал ахирал соназ Авар гӏурул мухъккун унеб нухлул рагӏалда. Хъил тӏун, гӏатӏид гьарун гьел нухал къачӏай кӏудияб рохеллъун ккана лъаратӏисезе, бежтӏадерие, цӏунтӏадерие. Гьединабго бигьалъи букӏинарищха Шамил районалъул Къелеб, Ракьуб, Дагъбаш росабазеги.\nГьидерица «Гӏичил майдан» абулеб, къелдерица «Ахал Хӏажиясул кули» абулеб бакӏ буго эхесан рачӏунаго къелдерил кьодухъе щвелалде. Советияб заманалда хӏукуматалъул идарабаз, ай районазда гьоркьосел почалъул бухьеналъ, райпоялъул къайи баччулез пайда босулеб саламатаб бакӏ букӏун буго гьеб. Гьелго соназ бараб цо минаги букӏана жеги биххичӏого хутӏун. Рагӏа-ракьанда саламатаб гӏатӏилъи бугеб, кӏиябго рахъалдаса кьураби ругониги, бакъул хинлъи щолеб гӏатӏилъи бугоан гьениб.\nАхираб 20-25 соналъ, цогидал гьединалго бакӏал гӏадин чӏунталиде сверун букӏана гьеб бакӏги. Тӏабигӏаталъго «ма, яшав гьабе» абун кьураб санагӏатаб гьеб сверухълъи лъугьун букӏана, гъура-чункарал гӏаркъил шушбуз, кьавуялъ кварал маххул банкабаз, пластикалъул цӏа-рагӏ ва цогидаб кьер-кьераб рищни тӏибитӏараб, маёвка-компаниязул бакӏлъун.\nГьал ахирал соназ, къокъабго заманалда жаниб, гьениб нухда эхетана берцинаб мажгит. Как балел рукъзал руго батӏа-батӏаго руччабазе ва бихьиназе, жаниб хинаб лъим, камилаб рацӏцӏалъи, тӏадехун ругел районазул рикӏкӏадал росабалъе унел свакарал нухлулазе хӏухьбахъизе шартӏал, аскӏобго иццги. Гьебги Ракьуса Мажидил Мусал Мухӏамадил васазул хӏалтӏи букӏин лъана. Дол рощнол майдаби сверана тӏегьалеб ах-хуралде. Гьениб гӏезабураб гӏодокари, бахчабахъа бачӏин щола сверухъ ругел росабалъе. Битӏахъе ракӏ бохулеб хӏалалда гӏуцӏана гьениб магӏишат цо хъизамалъул вацаз. Шагьаралдаса рачӏун анкьавго вацас гьоркьобги бикьун хӏалтӏизабулеб буго ракь. Гьениреги щун хасаб макъала хӏадуризе бегьила гьайбатго цӏигьабураб умумузул ракьалъул, берцинаб магӏишаталъул бицун. Баркала кьезе, мисал босизе мустахӏикъаб, ракӏги берги бохулеб хӏалтӏи буго гьеб."}
{"slug": "10229-k-adruyalda-tiurana-tiadal-kh-ulukh-al", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10229-k-adruyalda-tiurana-tiadal-kh-ulukh-al", "title": "Къадруялда тӏурана тӏадал хъулухъал", "date": "2020-12-08 11:37:51", "categories": ["insan"], "text": "Султӏан Гӏабдулмажидов ккола Бежтӏа росулъа. Гьоркьохъеб школа лъугӏун хадув цӏалана ДГУялъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталда.\nШколалда хӏалтӏана учительлъун, директорлъун. Вукӏана райгазеталъул бетӏерав редакторлъун. Партиялъул тӏадегӏанаб школаги лъугӏизабун, хӏалтӏана партиялъул идарабазда. 1981-1982 соназда вукӏана райкомалъул гӏуцӏиялъул отделалъул заведующийлъун, 1982-1989 соназда – кӏиабилев ва 1990-1991 соназда — тӏоцевесев секретарьлъун.\n1992-2001 соназда вукӏана Бежтӏа участокалъул бетӏерлъун, 2001-2016 соназда хӏалтӏана РФялъул Юстициялъул министерствоялъул ва «Росреестр» гӏуцӏиялъул ДРялда ругел управлениязул батӏи-батӏиял хъулухъазда.\nГьал къоязда редакциялде вачӏа-рав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Султӏан, дур кӏудияв эмен, Султӏандибир, вукӏун вуго Шамил имамасул наиблъун...\n— Гӏолохъанлъи гьесул ун буго гӏелму лъазабулаго. Вукӏун вуго росдал дибирлъунги, Чӏарада, Цӏунтӏа мухъазда къадилъунги. Анкьго васасул эмен, лъикӏаб лъай-бажари бугев чи вукӏин хӏисабалдеги босун тун вукӏун ватила гьев наиблъун.\n— Кавказалъул рагъда гӏахьаллъарав, гьелъул хӏасил бихьарав гьев вукӏун вуго 1877 соналда пачаясда данде байбихьараб багъа-бачариялда гьоркьовги…\n— Гьелъие бугин ккола кӏиго гӏилла. Тӏоцебесеб, исламияб дин къварид гьабулеб букӏин. Цо рахъалъ нилъер гӏадамал ругьунлъун рукӏана шаргӏияб низамалде. Гьелдаго цадахъ, хехаб хӏалалда рилълъанхъизарулел рукӏана пачаясул светиял законал ва тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунел рукӏана гьезул дандеккунгутӏаби. Кӏиабилеб, Гуржиялъе ва Чачан ракьалде заманаялъ хӏалтӏизе ун гурони бетӏербахъи гьабизе гӏадамазе цӏакъго захӏмат букӏин. Хӏакъаб жо, гьеб кинабго гӏемер лъикӏ бихьулаан ва лъалаан Султӏандибирида.\n— Амма гьесул вас Къебед-мухӏамад вукӏун вуго пачаясул хъулухъалда…\n— Гьеб буго хӏакъикъияб хӏужа. Гьев вукӏун вуго цӏаларав, кӏалъазеги лъалев, гьабулеб-толелъеги махщел-гьунар бугев чи. Гьев вукӏана Анцух-Капучи участокалъул начальниклъун, Гъунив къадилъун. Гьесул вац, дир инсул эмен Гӏабдулмажидги цо заманалда вукӏун вуго гьебго участокалъул письмоводительлъун. Доб мехалда хъвазе-цӏализе лъалел гӏадамал гӏемер рукӏинчӏелъул, ахӏун рукӏине ккола гьевги гьевго гӏадинал цогидалги пачаясул хъулухъалде.\n— Хӏурият ккун хадуб цӏияб власталъги тун гьечӏо гьесие рахӏат. Гьелъие гӏилла щиб букӏараб?\n— Гьесде чӏвалеб гӏайиб букӏана «пантюркизм» абураб. Гуржиялъа гӏемераб ярагъги босун Бежтӏе щварав Хӏоцоса Нажмудиница байбихьун буго доб багъа-бачари. Гьелъул жигарав гӏахьалчилъун ккун вуго Къебедмухӏамадги. Гьесул рокъов рещтӏун вуго Нажмудин, дандеккун буго гьезул рагӏи. Цӏакъго хӏалуцараб, лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб доб заманалда гӏемеразул букӏанин абула турказ кумек гьабилин абураб хьул. Амма абизе бегьула гьез нилъерал махсараде ккунин абун.\n1921 соналда Нажмудинил управделамилъун вукӏарав гьесде гӏунтӏизабун буго турказул рахъ кколев чийин абураб гӏайиб ва гьев кодове кьезелъун жанив тӏамун вуго гӏагарлъиялъул 40 чи. Гьеб хабар рагӏарав Къебедмухӏамад, жив сабаблъун гӏайибго гьечӏел гӏадамал къварилъуде ккезе теларин абун, вачӏун вуго кверде. Тамихӏ гьабун чӏван вуго 1922 соналда.\n— Бигьаяб букӏун гьечӏо дур инсул къисматги…\n— Пачаясул заманалдаса нахъе Гуржиялъ букӏана бежтӏадерил 1000-гӏанасеб цӏараки. Чачанал Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинарураб заманалда (1944 сон), гьанжесеб Бежтӏа участок унаан Лъаратӏа районалда гьоркьобе. Чачаналги гочинарун эркенлъараб гьезул ракьалде ритӏулел дагъистаниязда гьоркьоре ккечӏо гьеб районалда ругел бежтӏал. Амма ритӏана Гуржиялъ ругел бежтӏадерил вакилзаби, гьезда гьоркьов дир эменги. Хадуб инсуца бицунаан гьадин: дова росдал советалъул председательлъун вукӏарав жинда аскӏове пуланаб къоялъ вачӏанин цо херав чачанав (гьесул рокъоб гӏумру гьабулеб букӏун буго инсуца) ва гьес абунин: «Мухӏамад, мун дида вихьула динги бугев, магӏнаяв чи вукӏин. Амма кинабгӏаги ихтиярги гьечӏого чияр минаги ккун как-дин гьабулев дуе кинаб кири букӏунеб, дуца тӏаде босулеб гьечӏищ мунагьаб иш», — ан абун. Ва гьеб мехалда бичӏчӏанин жинда гьеб хӏалалда чӏани ахир-къадги мунагьалде ккезе вукӏин, Бежтӏа гьавурав, Гуржиялъ гӏурав, Чачаналъ херлъарав жив инсул Ватӏаналде тӏад вуссине кколеблъи. Гьебго соналъ (1952) Бежтӏе нахъ вуссунги вуго.\n— Чачаналъе ритӏарал гӏемерал нилъер росабазда гьоркьоре ккун гьечӏо магӏарухъ ругел нужер росаби, амма мадугьалихъ ругел цӏунтӏал гочинарун руго цӏакъго вахӏщияб хӏалалда.\n— Букӏун буго доба дандечӏейги, гӏаммаб буголъи пасат гьабиги, камун рукӏун гьечӏо рагъдаса лъутаралги. Гӏайиб бугезе тамихӏги гьабизе, низам хвезабулел гӏадлуялдеги цӏазе ккела. Амма жиндирго мина-къайги умумузул ракьги рехун тун, хӏал гьабун лъазего лъалареб бакӏалде гӏадамал гочинари кинха битӏараблъун рикӏкӏинеб. Гьеб буго зулму.\n— Дур умумузул буго захӏматаб къисмат, гьелда цадахъ бечедаб тарихги. Гьезул ирсилав, мун, батӏияб заманалда, батӏияб гӏуцӏиялда ккун вуго районалъул нухмалъуде.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, исламалъул нухда, гьелъие гӏоло рухӏ кьурал умумузул дие щвана баракат. Гьез, гьезул къисматалъ, дун ахӏулев вукӏана сабруялде. Гьелдаго цадахъ диргун данде кколарел, дидехун жахӏда бугел гӏадамал кидаго рукӏунаан дун «антисоветчик» вугин, дир кьалбал божи гьечӏел ругин абун нахъасан хъвадарулел. Гьеб хӏужаялъ, хӏакъаб жо, рекӏее асар гьабичӏого хутӏулароан. Амма гӏарзазул, киналго халгьабиязул хӏасилаз рехичӏо дида тӏаде чорокаб «рагӏад», бахинабизе кӏвечӏо хъублъи. Хӏасил гьабун абуни, дир хӏалтӏулъ кидаго букӏана гьеб кӏиябго рахъ.\n— Мун вукӏана цин Цӏунтӏа районалъул, хадуб Бежтӏа участока-лъул нухмалъулевлъун. Хӏажалъи букӏанищ цо район кӏийиде бикьизе?\n— Районалъе дица нухмалъи гьабулеб заманалда ккана гьеб рикьи. 1944 соналда Цӏунтӏа район Чачаналде гочинабулеб заманалда гьелъул райцентр букӏана Шаури росу. Гьанжесеб Бежтӏа участок доб мехалда унаан Лъаратӏа районалда гьоркьобе. Цӏунтӏал жидерго росабалъе тӏад руссараб 1956 соналда, Лъаратӏа районалда гьоркьоре унел рукӏарал бежтӏадерил росабиги тӏаде журан, цӏидасан гӏуцӏана район ва гьелъул райцентрлъун гьабуна Бежтӏа росу. Гьелдаса нахъе цӏунтӏадерица зама-заманалда борхулеб суал букӏана район цебе букӏараб къагӏидаялда гӏуцӏи, гьелъул центрги Бежтӏаса Шаурибе бахъинаби. Гьеб цӏакъго захӏматаб, цадахъго гӏемерал магӏишатиялгун социалиял суалал тӏуразе кколеб масъала букӏинги бичӏчӏун, кидаго нахътӏамун толаан. Лъиениги бокьулароан жавабчилъи тӏаде босизе.\nБиххана пачалихъ, лъугӏана партиялъул иш ва кинабго биччан тараб доб заманалда хӏалуцана гьеб суалалда сверухъ ахӏвал-хӏалги. Дагьаб заманалда жаниб лъобе щвечӏеб комиссияги, Махӏачхъалаялдаса рачӏинчӏел вакилзабиги гӏемер хутӏун ратиларо. Ахир-къадги рачӏана гьадинаб хӏукмуялде — районалъул центр бахъана Кидеро росулъе, районалъул статус гьечӏониги, цӏи гӏуцӏараб Бежтӏа участокалъул центрлъун тана Бежтӏа росу. Бищун лъикӏаб ва битӏараб хӏукму букӏун батичӏониги, гьеб букӏана маслихӏаталъул нух.\n— Районалъул статус гьечӏо-лъиялда бан участокалъе къварилъи бугищ?\n— Участок ккола жидерго бюджетги киналго хӏажатал идарабиги ругеб муниципалияб гӏуцӏи. Законалъ районалъе кьун ругел киналго хъулухъалгун ихтиярал гьелъги тӏурала. Буго цо гьадинаб суал – территориалияб къагӏидаялъ гьеб батӏа гьабун гьечӏо (гӏорхъаби ругониги), уна Цӏунтӏа районалда гьоркьобе. Руго цо-цо юридикиял дандеккунгутӏаби, ккола налогазул рахъалъ жеги тӏурачӏел, амма тӏуразе хӏажатал суалалги.\n— Заманалда рекъон кин хисулеб бугеб участок, лъикӏлъулел ругищ гӏадамазул рукӏа-рахъиналъе шартӏал?\n— Бежтӏагун Цӏунтӏа буго кидаго захӏматал шартӏал рукӏараб, хӏама-чуялъе гурони нух гьечӏеб, бетӏербахъи гьабизе захӏматаб бакӏ. 1956 соналда гурони Бежтӏе машина бачӏинчӏо. Токалъул мухъ Цӏунтӏе щвана 1973 соналда. 1986 соналда тӏоцебе хӏалтӏизе байбихьана телевидение, доб мехалъ бокьараб информация лъобе щолаан цӏакъго кватӏун. 1993 соналде щвезегӏан Махӏачхъалаялдаса Бежтӏа росулъе хьвадизего хьвадулароан автобус. Дол соназда дандеккун гӏемерго лъикӏлъана шартӏал, гьабуна гӏемераб хӏалтӏи, гьаруна лъикӏал нухал, цӏилъулеб буго гӏумру. Гьебго заманалда колхозал-совхозалги риххизе тун, хӏалтӏизабулеб гьечӏо гӏемераб ракь. Дида битӏараблъун бихьуларо гьеб хӏал. Гӏезегӏан руго лъикӏал нухал, амма къваригӏун буго гьел дагьалги лъикӏ гьаризе, туризм цебетӏезабиялъе ресал гӏуцӏизе.\n— Мун хъулухъазда вугеб заманалдаги гьабсагӏаталдаги чиновниказул хӏалтӏул даража данде-ккуни, щиб абилеб?\n— Цере кадраби гӏезарулаан, гьезие тарбия-лъай кьолаан гьитӏинаб къоялдаса байбихьун, гӏемерал хӏужабазул хӏисаб гьабун. Кьураб рагӏулги гьабулеб ишалъулги жаваб кьезе кколаан, гьезда рекъон кьолаан къиматги. Гьанже гьедин гьечӏо. Дун мекъи вичӏчӏизе бегьула, амма дир хӏисабалда, гьал рищиялги нилъер гӏамал-хасияталда данде кколаро. Гьезулъ гьечӏо кинабгӏаги ритӏухълъи, гьездехун гьечӏо кигӏан дагьабниги божилъи.\n— Нилъер гьаб гара-чӏвариялъул ахиралда абизе бокьараб жого букӏинищ дуе?\n— Дица бана 70 сон. Дица дунго рикӏкӏуна талихӏав чилъунги. Бокьарав чиясул бадиве балагьизе кӏолеб хӏалалда тӏубана пачалихъалъул хъулухъ. Киданиги течӏо бажарараб кумек гьабичӏого. Дида лъан лъиениги квешлъиги гьабичӏо. Щиб хъулухъалда вугониги, хӏалтӏиги гьабичӏо Аллагьги кӏочон тун. Дир буго лъабго лъимер, гьездасаги рази вуго. Дун вохарав вуго, пенсиялдеги ун, хӏажат гьечӏел ишазда гьоркьовеги инчӏого, парахатго дирго ро-къовеги вуссун, Аллагьас тӏад лъураб налъиги тӏубан, лъималазул лъималазда аскӏов вукӏине рес щвеялдаса."}
{"slug": "10230-gielmugi-tokhturl-igi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10230-gielmugi-tokhturl-igi", "title": "Гӏелмуги тохтурлъиги", "date": "2020-12-08 11:43:56", "categories": ["med"], "text": "Тохтурасул махщел камиллъиялда бараб букӏуна инсанасул сахлъиги гӏумруги. Цӏикӏкӏараб жавабчилъиялъул иш ккола нейрохирургия. Гьеб пишаялда машгьурлъана Россиялъул нейрохирургиялъул цӏех-рехазул институталъул гӏалимчи, исана октябралъул ахиралда медицинаялъул гӏелмабазул докторасул цӏаралъе мустахӏикълъарав нилъер ракьцояв Мухӏамад Маматханов.\nМухӏамад хӏалтӏулев вуго лъималазул тохтур-нейрохирурглъун Санкт-Петербургалда. Гьев гьавуна 1968 соналъул тӏоцебесеб январалда Болъихъ районалъул Чанхъо росулъ. Цӏалана Болъихъ росдал №1 гьоркьохъеб школалда. 1986 соналда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна №19 ССПТУ. 1986-1988 соназда хъулухъ гьабуна СССРалъул армиялда, 1987 соналъул маялдаса 1988 соналъул июналде щвезегӏан вукӏана Афгъанистаналда.\nАфгъанистаналдаса тӏад вуссун хадув хӏалтӏана ХХ партсъездалъул цӏаралда бугеб колхозалда ва 1990 соналда цӏализе лъугьана И.П. Павловасул цӏаралда бугеб Ленинградалъул №1 медицинаялъул институталде. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, цӏалана Санкт-Петербургалъул Дипломалда хадусеб медицинаялъул академиялда гӏаммаб хирургиялъул кафедраялда. Интернатураялдаса хадувги, 1997-1999 соназда цӏалана проф. А.Л. Поленовасул цӏаралда бугеб Россия-\nлъул нейрохирургиялъул цӏех-рехазул институталъул ординатураялда. 2002 соналда цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1998-2002 соназда, цӏалулев вукӏаго, хӏалтӏана И.И. Джанелидзел цӏаралда бугеб хехаб кумекалъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъул нейрохирурглъун ва 2002 соналъул августалдаса нахъе вуго гьебго институталъул штаталда. Гӏелмиял цӏех-рехазул аслияб тема буго ботӏролгун гӏадалнахул ругънал сахлъизарулел къагӏидаби.\nМухӏамад Маматханов ккола лъималазул фармакорезистентная эпилепсия хирургияб къагӏидаялъ сах гьабиялъул рахъалъ махщел камилав тохтур. Гьев гӏахьаллъула гӏелмиял дандеруссиназда, гьабула цогидал тохтурзабазе малъа-хъвай ва, кумек гьабиялъул мурадалда, гӏемер уна Россиялъул шагьаразде. Гьесул буго «Нейрохирургиялъул» рахъалъ тӏадегӏанаб квалификацияги «Нейрохирургия» ва «Хирургия» абурал махщелазул сертификатги.\nМ. Маматхановас хъвана 170-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб макъала, гьев ккола анкьго цӏирагьиялъул патенталъул соавторлъунги. Докторлъиялъе хъвараб диссертация-лъул гӏелмияв консультант В.А. Хачатряница гьадинаб къимат кьуна дагъистаниясе: «М.Р. Маматхановасул лъикӏаб пагьму буго гӏелмиял тӏахьаздаса пайда босизеги, унти чӏезабиялъулги унтарав сах гьавиялъулги гьанжезаманалъул бищун лъикӏал къагӏидаби ратизеги, фармакорезистияб эпилепсиялъул операциял гьариялъе санагӏатал къагӏидаби ралагьизеги ва гьел цӏалулгун хӏалтӏул хӏаракаталъулъ гӏумруялде рахъинаризеги», — ян.\n2006 соналдаса нахъе Мухӏамад Маматханов хӏалтӏулев вуго гӏелмиябгун клиникияб отделениялъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъунги лъималазул нейрохирурглъунги. Гьев ккола Санкт-Петербургалъул И.С. Бабчинил цӏаралда бугеб нейрохирургазул жамгӏияталъул членлъунги. Маматхановасул гӏелмиял цӏирагьияздаса жакъа пайда босулеб буго Россиялъул сахлъи цӏуниялъул идарабазда ва медицинаялъул вузазда."}
{"slug": "10231-nigimatazul-akh-giadinav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10231-nigimatazul-akh-giadinav", "title": "Нигӏматазул ах гӏадинав", "date": "2020-12-08 11:47:15", "categories": ["med"], "text": "Гӏамал-хасияталъги, гьабулеб хӏалтӏи-ишалъги гӏемерисел лъимал эбел-инсуда релълъарал рукӏуна.\nГьаниб бицен гьабулев Нигӏматулагьил эмен Хӏажилмухӏамад вукӏана кутакалда гӏадамазулъ восарав, ихтилат-кеп бокьулев, росулъ щиб кканиги, тӏоцеве гьениве вортулев чи. Гьесулъ букӏана цо батӏияб жигарчилъиги, гьабулеб-толелъе хехлъиги, дуруслъиги. Бертаби-туязулъги, жамагӏаталъул данде-лъабаздаги гьев вищулаан тамадалъунги тадбир нухда бачуневлъунги. Керен цӏурал орденал-медалалгун вуссана гьев рагъдаса. Разведкаялда вукӏун вуго гьев.\nИнсудаго релълъарав вуго Нигӏматулагьги. Школалда цӏалу-лагоги, студентлъун вугеб мехалъги, хадуб хӏалтӏудаги гьев вукӏана гьудул-гьалмагъзабазулъ восарав, кьураб рагӏуе ритӏухъав, рекӏкӏалъе рекӏелъ бакӏ гьечӏев инсанлъун. Ругъелда росдал школа лъугӏидал, лъагӏалица колхозалъул гӏиядаги вукӏун, армиялда хъулухъги гьабун, цӏализе лъугьана мединституталде. Направлениялда рекъон лъабго соналъ Бежтӏа райбольницаялъул хехаб кумекалъул тохтурлъунги хӏалтӏун, тӏад вуссана Ругъелда росдал участкаялъулаб больницаялде. Хӏалтӏана лъималазул тохтурлъун ва цинги Шамил ЦРБялъул педиатрлъун.\nАбула бахӏарчи рагъда лъалилан. Рагъалдаса нахъе ккараб ахӏвал-хӏал букӏинчӏо тӏоцебе коронавирус районалде бачӏараб мехалда. Лъималазул отделениеги сверизабуна гьелъ унтаразе. Тӏоцебе букӏинчӏо чӏванкъотӏараб, унтарал сах гьарулеб къагӏида. Рукӏинчӏо гӏолел дарабиги, тохтурзабаз ретӏунеб хасаб ретӏелги. Чанго сордо-къоялъ отделениялдаса къватӏиве вахъинчӏого хӏалтӏулаан гьев.\nБигьаяб хӏалтӏи гуро 2-3 моцӏалъ «багӏараб зонаялда» анкьалги ран хӏалтӏизе ккей. Дагь-дагьккун лъикӏлъана тӏаде рачӏунел дарабиги, хисулеб тохтурзабазул ретӏелги. Ратана кумек гьабулел районцоялги.\nГьанжеги тӏубанго лъугӏичӏониги, жеги камулел гьечӏо коронавирусалъ унтарал. Амма цебе гӏадаб хӏинкъиги, рихха-хочиги гьечӏо. Щибаб жо жиндирго рахънибе кколелъул.\nГьенир сах гьарулел рукӏараз адаб-хӏурматалда рехсола Нигӏматулагьил цӏар. Гӏемерал баркалаялъул рагӏаби абула гьесул адресалда. Районалъул «Цолъи» газеталде Нигӏматулагьие рецц-бакъ гьабун хъвараб макъалаялда цо унтаралъ рехсолеб бугоан нигӏматазул ах гӏадав тохтур вугин гьевилан. Гьесул хӏакъалъулъ ЦРБялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловасги гьадин абуна: «Нигӏматулагь вуго, кинаб хӏалтӏи-иш тӏадкъаниги, мухӏканго гьебги тӏубалев, бажари-лъайги бугев, унтаралги кидаго жиндаса разияв тохтур», — илан.\nГӏемерал Хӏурматалъул грамотабиги щвана гьесие, гьев ккола «ДРялъул сахлъи цӏуниялъул отличникги».\n2020 соналъул 21 июналда бахъа-раб ДРялъул бетӏерасул буюрухъал-\nдалъун Шамил районалъул педиатр Мухӏамадов Нигӏматулагьие кьуна «ДРялъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏарги. Гьелъие мустахӏикъавги вуго гьев."}
{"slug": "10277-zagsalde-rachiunezul-k-adar-dagl-izabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10277-zagsalde-rachiunezul-k-adar-dagl-izabuna", "title": "ЗАГСалде рачӏунезул къадар дагьлъизабуна", "date": "2020-12-14 11:06:22", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "8 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцев гӏахьаллъараб пресс—конференция.\nГьес бицана коронавирус тӏибитӏунгутӏиялъе гӏоло жидер идараялъ хӏукму гьабунила гьаб гӏагараб заманалда ЗАГСалде рачӏунел гӏадамазул къадар дагьлъизаби.\nМинюсталъ гӏадамазда гьарулеб буго цӏакъго рес къотӏидал гурони гьенире рачӏунгеян. Масала, лъимер гьабиялъул яги чи хвеялъул хӏакъалъулъ нугӏлъи гьабулел кагътал росизе къваригӏани рачӏине бегьула.\nХутӏарал суалал электроннияб къагӏидаялда ялъуни «Госуслуги» сайталдасан тӏуразарейин лъазабуна министрасул заместителас.\nКараченцевасул рагӏабазда рекъон, ЗАГСалъул хӏалтӏухъабаз цого заманалда къабул гьарулел гӏадамазул къадарги анцӏго чиясдаса цӏикӏкӏине бегьуларо.\nАмма киназдаго гуро гьел тадбирал ритӏун ричӏчӏулел ругел. Караченцевас бицухъе, гьел гьукъа-къаяз жидер ихтиярал хвезарулел ругин цо-цо чагӏи Россиялъул президентасул администрациялде щвезегӏанги гӏарзахъдулел руго.\n— Махӏачхъалаялъул ЗАГСалъул бицани, гӏорхъичӏвай гьабураб заманалдагицин, къойида жаниб 200 чи къабул гьавулев вуго гьенив. Жанисан гӏатӏидаб бакӏ бугониги, гӏадамал гӏемерлъараб мехалда унти бахине рес бугелъулха. Гьединго, кигӏан тӏадаблъун гьабулеб бугониги, маскаби райин абураб тӏалабги гӏадахъ босулеб гьечӏо гӏадамаз. Гьезда гьел разаризе лъугьарал, аскӏоре къагеян тӏаде рачӏаразе малъа-хъваял гьарулел ЗАГСалъул хӏалтӏухъабазулгун гӏезегӏан къваригӏел гьечӏеб хабарги ккана. Кумекалъе полиция ахӏарал хӏужабигицин рукӏана, — ян бицана С. Караченцевас.\nДиналда рекъон магьариги лъун, ахираб заманалда ЗАГС гьабулелги гӏемерго дагьлъун ругин абуна гьес. Гьединлъидал къойида жаниб щуго-анлъго ригьиналъул гурони хъвай-хъвагӏай гьабулеб гьечӏо Махӏачхъалаялда.\nГьединалго гьукъа-къаял гьарулел руго централияб архивалдаги. Залалда щугоялдаса цӏикӏкӏун чи вукӏине бегьуларо, гьелги маскабиги ххун."}
{"slug": "10278-80-sonal-khalal-arab-rag-ulab-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10278-80-sonal-khalal-arab-rag-ulab-nukh", "title": "80 соналъ халалъараб рагъулаб нух", "date": "2020-12-14 11:21:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 декабралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал хабалалъ вукъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Муса Маркъулов. 1941 соналда рагъде арав гьесул хабар къотӏун букӏана. Гӏагарлъиялда лъалеб букӏинчӏо гьесул къисмат. Гьеб лъана гӏицӏго 79 соналдасан. Краснодар краялъул Туапсе районалъул Шаумянское росдада аскӏор ратана гьесул рукьбузул хутӏелал.\nМуса Маркъуловасе къадар щун буго Шаумянское росдада аскӏоб бугеб 396-абилеб борхалъиялда. 1942 соналъ гьеб бакӏалда унел рукӏарал захӏматал рагъазда, аскӏоб кьвагьараб минаялъул хӏасилалда чӏван вуго гьевги гьесда цадахъ вукӏарав чанго чиги. Гьезул рукьбузда тӏаде ккун руго «Кубаньпоиск» абураб рагъда тӏагӏарал солдатал ралагьулеб отрядазул ассоциациялъул хӏаракатчагӏи.\nМуса Маркъуловасул жаназаялъул хутӏелал гьел рукӏинги чӏезабизе кӏун буго, гьенир аскӏорго ратарал гьесул алатазул кумекалдалъун. Солдатасул флягаги, каска-тӏагъурги, рахханги, цадахъ босулеб хьагги ратун руго гьениб. Гьеб хьагида тӏад бикӏун батараб Маркъулов абураб фамилиялъул кумекалдалъун кӏун буго гьев Дагъистаналдаса вукӏин чӏезабизе.\n«Кубаньпоиск» къокъаялъул ассоциациялъ бухьен гьабуна Гъуниб районалъул Сугъралъа гьесул гӏага-божаразулгун. Кӏудияв инсул вацасул хутӏелал гӏагараб ракьалде росизе, 2 декабралда Краснодаралде ун вукӏана Ризван Маркъулов. Гьев ккола Муса Маркъуловасул вац Ризванил васасул вас.\n1941 соналда рагъде унаго гьесул документазда хъван буго гьев Чӏарада районалъул рагъулаб комиссариаталъ фронталде ахӏанилан. Гьеб мекъаб баян сабаблъун, гьесул цониги кагъатги бачӏун гьечӏо рокъобе.\n«Мекъаб адресалда рекъон унел рукӏиналъ нухдаго тӏагӏун рукӏине ккола гьесул кагътал. Краснодаралъул «Кубаньпоиск» къокъаялъулаз гьесул хутӏелал ратун хадубги, хьагида бикӏун батараб цӏаралда рекъон, Мухӏамад Маркъулов абун хъван батана гьесул хӏакъалъулъ. Хӏакъикъаталдайин абуни гьев ккола Муса», — ян бицана Р. Маркъуловас.\nГъуниб районалъул Сугъралъа Ватӏанияб рагъде ун вуго ункъо вац: Ризван, Муса, Гӏумар ва Расул. Муса кколаан кӏиабилев. Гьезул кӏигоял — Мусаги Гӏумарги рагъда чӏвана, цояв вац Расул, доб заманалда дизертирлъи гьабулев ватун Гъунив кквезе щварав такъсирчиги вачун витӏулаго, дизертирасул квердасан хола. Рагъдаса чӏаго вуссана Ризван. Инсул тӏолабго гӏумру анин вацасул къисмат цӏехолагоян бицана нижее гьесул вас Мухӏамадица.\n«Эмен, л ъабго н ухалда л ъукъун хадув вуссана рагъдаса. Муса кколаан гьесдаса хадусев, гьесул кагъатцин бачӏинчӏо рагъдаса. Хадусев вац Гӏумарил кӏиго кагъатниги бачӏун букӏана. Амма Мусал къисматалъул щибго лъалеб жо букӏинчӏо. Инсул анищ букӏана гьев вукъараб бакӏгӏаги лъазаби, хутӏичӏо мунагьал чурад чӏаго гьесул хабар лъазегӏан. Инсуда аскӏов вукъана нижеца гьев.\nКраснодаралдаса ругьел бачӏиндал, дица абулеб букӏана гьенивго тейин гьев, ай ватарабго бакӏалдайилан. Амма гӏагарлъи разилъичӏо ва росулъе вукъизе восана», — ян бицана М. Маркъуловас.\nРагъде инегӏан росулъ цӏулал устарлъи гьабулеб букӏун буго Мусаца. Жакъаги нахъе руго доб мехалъ гьес гьарун рукӏана нуцӏби. Жеги хъизан гьабичӏев чи ун вуго гьев фронталдеги.\nГьаб кӏиабилеб хӏужа ккола Гъуниб районалдаса Кӏудияб Ватӏанияб рагъда тӏагӏарал солдатазул хутӏелал ватӏаналде тӏад руссинарураб. Анкьго соналъ цебеги, 2013 соналъул апрелалда, Салтӏа росулъ рукъана Къураев Сайпудинилги хутӏелал. Рагъ байбихьараб 1941 соналъул риидал армиялде арав гьевги рокъове вуссинчӏо. 1943 соналъ Сайпудинил эбелалъухъе кагъат бачӏуна дур вас араб бакӏ лъачӏого тӏагӏанин абун. 1956 соналдаса нахъе гьесул гӏагарлъиялъ, Оборонаялъул министерствоялъул цӏаралда кагътал ритӏулел рукӏана Сайпудинил къисмат цӏехон. 2012 соналъул октябралда гьезухъе кагъат бачӏана, Къураев Сайпудин Украинаялъул Одесса шагьаралда аскӏов хандакъалъув ватаниланги абун. Щивав солдатасухъ букӏунеб эбанитовая капсулаялда жаниб лъураб кагътида тӏад жиндирго росдалги, эбелалъулги ва жиндиргоги хӏакъалъулъ киналго баянал мухӏканго хъван рати сабаблъун ккун буго Сайпудинил жаназадул хутӏелал ратиялъе."}
{"slug": "10280-gabize-l-araze-kvasul-duniyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10280-gabize-l-araze-kvasul-duniyal", "title": "«Гьабизе лъаразе квасул дуниял…»", "date": "2020-12-14 11:31:54", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьале кӏиабилеб нухалдаги щвана дун Гумбет районалъул Килалъ росулъе. Лъабго—ункъо соналъ цеве щун вукӏана ихдал, оцбаялъул къоялъул байрамалда гӏахьаллъизе, цевегосев гьудул Шамил Мухӏамадовасги ахӏун. Исана коронавирус сабаблъун тӏобитӏичӏо росулъ оцбаялъул байрам.\n— Нижер умумузда лъан буго росу базе бакӏ тӏаса бищизе, — ян бицуна Килалъ росдал бегавул Ахӏмад Каримовас. — Гьал нилъеда рихьулел Бергъо, Кӏанчӏикь, Роччоб мугӏрузда гӏемер жо бихьана. Росдал рагӏал чӏван гӏедегӏун чвахулеб Гӏанди гӏоралъул хъудиялъухъ гӏенеккизеги бокьула рада-радал. Гьале гьаб буго магӏарухълъи, сундухъго хисизе рес гьечӏеб гӏагараб тӏалъи. Мугӏрул хиралъиялъ, гьаздехун бугеб рагӏа- ракьан гьечӏеб рокьиялъ чӏезаруна росулъ лъабкъогоялде гӏагарун цӏаракиялъул гӏадамал. Хутӏарал, ай гӏемерисел гочана Новолак районалъул Цӏияб Чуртах росулъе. Къисмат гьединаб букӏун буго нижер росдал гӏадамазул. Гочиналъе гӏиллалъунги ккана 1974 соналъул 13 ноябралъул радакь ккараб тӏабигӏияб балагь – ракь багъари, росу гочун иналъул хӏасилалда гьанир хутӏаразе рукӏинчӏо чӏезарурал киналгӏаги шартӏал: къана школа, клуб, библиотека, хӏалтӏичӏо медпункт. Гӏагараб росдадехун бугеб тӏей гьечӏеб рокьуе гӏоло кинабго хӏехьана нижеца, гочинчӏого гьанивго чӏарав 100-150 чияс. Жакъа батӏияб буго ахӏвал-хӏал. Цо-цо хъизамал тӏад руссун рачӏунелцин руго жидерго анкьумумузул ракьалде. Нусиялда ункъогоялдасаги цӏикӏкӏун цӏараки буго жакъа Килалъ росулъ. Бана цӏияб школа, ясли-ах, фельдшеразулгун акушеразул пункт, библиотека, маданияталъулгун хӏухьбахъиялъул центр. Палхӏасил, гӏумру-яшав гьабиялъе чӏезарун руго киналго шартӏал.\nРосдал бегавул вуго тарихги лъалев, гӏемерал соназ лъималазе тарбия-лъайги кьурав географиялъул мугӏалим. 1987 соналдаса анахъе 15 соналъ Гумбет районалъул бетӏерасул заместительлъунги хӏалтӏарав, Басаевасул ва Хаттабил хъачагъазде данде гьабураб рагъулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло РФялъул президент В. Путинил рахъалдаса сагӏат шапакъаталъеги щварав, хӏалхьи лъаларев инсан. Ахӏмадгун цадахъ дун щвана Роччоб магӏардеги. Хабар-кӏалалда унаго, гӏемераб хабар бицана Ахӏмадица росдал тарихалъулги машгьурал гӏадамазулги хӏакъалъулъ.\n— Гьал мугӏрузул гӏодоблъиялда бугеб бакӏалде щун вуго лъабго вац- чанахъаби: Килаги, Ичиги, Чӏалиги. Гьаб бугин дие бищун санагӏатаб бакӏин абун Кила рещтӏун вуго гьанивго, Гӏанди гӏурул рагӏалда, Ичиги Чӏалиги дагьалги тӏадехун, мугӏрузде рахун руго. Биценалда рекъон, гьедин рижун руго Килалъги Ичичӏалиги росаби. Гӏумру- яшав гьабизе санагӏатал бакӏал рукӏиналъ, дагь-дагьккун цогидал гӏадамалги рачӏун, гӏун буго росу, — ян бицана Ахӏмадица. — Хвел гьечӏеб лъалкӏ тана исламияб дин цебетӏезабиялъулъ Масгӏуд-хӏажица ва гьесул васал Мухӏамадицагун Ахӏмадица. Жидерго рокъоб мадрасаги рагьун, диниял дарсал кьолев вукӏана Мухӏаммадсагӏит. Бицуна гьеб мадрасаялъул мутагӏилзаби гӏараб мацӏалъ цоцада кӏалъалел рукӏанин абун. Диниял тӏахьазул кӏудияб библиотека букӏанин абула Дарбишмухӏамад-хӏажил. Инхоса Гӏалихӏажил лъикӏал гьудул-гьалмагъзаби рукӏун руго Килалъа Гьуд ва гьесул вас Салихӏ-хӏажи. Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназ гӏемерисел диниял гӏалимзаби расги гӏайиб гьечӏого туснахъалъур лъуна ва хадурккун кире аралали, кир хваралали, кир рукъаралали лъачӏого тӏагӏана. Гьезда гьоркьор рукӏана Багьавудин, Гӏизудин, Мухӏамадсагӏит, Масгӏудин, Ахӏмад ва гьел гурел цогидалги.\nГьаниб, диниял гӏалимзабазул церехъабазул хӏакъалъулъ хабар ккараб бакӏалда кинго бегьуларо рехсечӏого нилъер заманалъул бахӏарчияв инсан, гьунар бугев, тӏадегӏанаб лъаялъул тохтур, жакъасев ва Дагъистаналъул цере рукӏарал муфтиязул кваранаб кверлъунги, хӏаракатав кумекчилъунги вукӏарав Килалъа Ахӏмад-хӏажи Тӏагьаев. Гьев шагьидлъана 2009 соналъул 25 маялда. Гьедин гурони бегӏераб каламалъул боркьараб, жив-живасул рекӏелъе бортулеб рагӏи къотӏизабизе кӏвечӏо тушманасда. Ахӏмад- хӏажи Тӏагьаевасул цӏар абадиялъ хутӏизе буго халкъалъул ракӏазулъ.\nГӏумру-яшавалъул рахъалъги нахъа ккун рукӏинчӏо дир росуцоял. Цӏакъ цудунго ругьунлъана Килалъ росулъ маххул къебелъиялъул махщалиде, цебе тӏун букӏана цӏакал, гӏиял тӏомал къачӏан гьелъул хурум (хром) гьабун, хьитал гьари. Гьалеха гьаб Роччоб магӏарда бугеб майдан, жиндир заманалда имам Шамилица гьанир куцалел рукӏун руго пачаясул аскариязда данде рагъизе муридал. Нилъер заманалдаги ратула гьанир цо-цо чӏахӏи-чӏахӏиял гулби. Хадуб гьаниб колхозчагӏаз бекьулеб букӏана ламадур, картошка, цӏоросаролъ. Лъикӏаб бачӏинги бакӏарулаан. Колхоз-совхозал хун хадур лъицаха гьаб бекьилеб? Гьанже гӏи хьихьула гӏадамаз. Нижер гьаб Килалъ росу хьиндаллъиги магӏарухълъиги цадахъ бачараб бакӏ буго. Гьелъул магӏна ккола хьиндалазул ракьазда гӏадин пихъ-мичӏги бижулин, магӏарухъ гӏадин боцӏи- панзги хьихьизе рес бугин абураб. Килалъ буго лъабкъогоялде гӏунтӏун жибго жиндаго чӏараб магӏишат (ЛПХ), цо фермерги вуго.\nКилалъ росдал цого-цо вугев фермер Чергесов Салихӏилгун дир лъай-хъвай цебего ккун букӏана. Лъабго-ункъо соналъ цебе, умумузулго рукӏарал, ирсалъе хутӏарал куракул херал ахалги хвезарун гьанир чӏана гӏечул батӏи-батӏиял тайпабазул гъутӏби. Щунусго гъветӏ бачӏун букӏана Ставрополалдаса.\n— Араб соналъ гьал гъутӏбуз тӏоцебесеб бачӏинги кьун воххизавуна дун. Исана битӏ ккечӏо. Битӏун тӏегь балеб гӏужалда цӏорой речӏчӏун кинабго хвезабуна, — ян бицана Салихӏица.\n—Доб нилъер цебесеб дандчӏваялда дир рахӏат хвезабун букӏана гъутӏби росизе гӏарац пачалихъалъ кьелин кьураб рагӏи хвезабиялъ. Щибха гьелъул ккараб?\n— Исана щвана лъабго миллион гъурущ. Росдал магӏишаталъул министерствоялде цӏиял нухмалъулел рачӏун хадуб гӏарцул суал бигьалъана. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго Росдал магӏишаталъул министерствоялъул нухмалъулезе. Лъалаго лъикӏлъана гьаниб хӏалтӏи. Дица росулъ рагьана фермеразул магӏишат. Гӏемер жо къваригӏунеб букӏун гьечӏо гьеб рагьиялъе. Министерствоялъул хӏалтӏухъабаул кумекалдалъун хӏадур гьабуна бизнес-план, хъвана гӏарза, бихьизабуна дир бугеб кӏигогун бащдаб гектар ракьул, исана бараб ва нусгогӏан чӏегӏерхӏайван жаниб хьихьизе бегьулеб бокь. Харибакӏазулги къварилъи гьечӏо магӏарухъ. Аллагьас хъван батани, гьанже инаха Калмыкиялде, кьураб гӏарцухъ босила 50 тайпадулаб гӏака.\nГьале гьадинаб гӏуцӏарухъанлъиялдайин нилъер магӏарухъ абулеб: «Гьабизе лъаразе квасул дуниял, кваназе лъаразе нахул дуниял», — ин абун. Салихӏил ва гьесул хӏаракаталъул хӏакъалъулъ хабар тӏубанго, рагӏа-ракьанда щун бицине ккани, цо-кӏиго рагӏи абизе ккола гьесул хъизамалъул хӏакъалъулъги. Гьесул чӏужу Гулжанат шагьаралда гьаюрай ва гӏурай гӏадан йигониги, хехго ругьунлъана росулъ гьабулеб гӏумруялде. Гьереси щай, бигьаго букӏинчӏо киданиги гӏакдада аскӏой къачӏей гьалъие боцӏуе хъулухъ гьабизеги, гӏака бечӏчӏизеги, бачал хьихьизеги. Росгун цадахъ бигьалъана кинабго. Чергесовазул руго лъабго ясги цо васги. Мухӏамадрасул университеталда цӏалулев вугониги, щибаб гьатӏан къоялъ щола росулъе, кумек гьабула эбел-инсуе.\nСалихӏил буго цоги лъикӏаб махщелги. Гьев вуго найихъан, нусгоялдасаги цӏикӏкӏун найил тӏала буго гьесул. Исана Салихӏица базаразде щвезабуна кӏигогӏан тонна гьацӏул. Бихьулищха, нахул гуребги, гьацӏулги букӏун буго гьабизе лъарасе дуниял."}
{"slug": "10282-ditsa-zhigar-bakh-ula-khalk-al-e-pajdayavl-un-vukiine", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10282-ditsa-zhigar-bakh-ula-khalk-al-e-pajdayavl-un-vukiine", "title": "«Дица жигар бахъула халкъалъе пайдаявлъун вукӏине»", "date": "2020-12-14 12:15:55", "categories": ["obshestvo"], "text": "Коронавирусгун къеркьолаго, жакъа гӏадатияб гуреб ахӏвал—хӏалалда ругониги, гӏумру гьоркьоса къотӏичӏого цебе унеб буго. Унтиялдаса цӏунизе гӏадамаз цӏуни—къай гьабулеб бугеб куцалъухъ балагьизе иргадулаб халгьабиялде росабалъе унев Гъуниб районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировгун цадахъ нижецаги гьенибе сапар бухьана. Ниж щварал Салтӏа, Силтӏа росабазул школазда, медицинаялъул идарабазда, администрациязда ва годекӏабахъ унтиялдаса цӏуниялъе гӏадамаз гьабулеб бугеб цӏуна—къаялдаса районалъул бетӏер разиго хутӏана. Гьев гӏенеккана гӏадамазул гӏарзазухъ ва рагӏи кьуна кумек гьабизе. Жакъа районалда бугеб ахӏвал—хӏалалъул, тарихалде унеб бугеб 2020 соналъ гьарун бажарарал хӏалтӏабазул ва церечӏарал масъалабазул бицун, сапаралдаса руссарал нижеца гара—чӏвари гьабуна Гъуниб районалъул бетӏер, хӏалхьиялда вугев юстициялъул подполковник Мудунхӏажи Къадировасулгун:\n-Мудунхӏажи, тарихалде унеб буго 2020 сон. Кинаб гьеб букӏараб, районалъул гӏадамазе щиб лъикӏаб жо гьелъ босун бачӏараб?\n— 2020 сон нижее бигьаяб букӏинчӏо, амма гьеб нижеца лъугӏизабуна лъикӏал хӏасилалгун. Ракӏчӏун абизе бегьула: Гъуниб районалъул цебетӏей гьоркьоса къотӏулеб гьечӏо.\nЛъикӏал хӏасилал ккола тӏалъиялъул киналго идараби цадахъ рекъон хӏалтӏулел ругони ва жамгӏиял идарабазги районалъул гӏумруялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабулеб бугони. Гьеб рахъалъ бокьун буго баркала кьезе райсобраниялъул депутатазе, чӏахӏияб гӏелалъе. Гьезул малъа-хъвайги ва сундулъго гьабулеб кумекги дир ишалъе цӏакъ пайдаяб ккола.\n-Гьаб хъулухъалда мун вугеб кӏиго соналда жаниб районалъе пайдаял кинал хӏалтӏаби гьарун бажарараб?\n— Районалда бугеб 26 школалъул 17-ялъе гьабуна капиталияб ремонт. Тӏадеялъул байбихьула хӏинкъи бугеб хӏалалде ккарал школазул бакӏазда цӏиял раялъул федералияб программа хӏалтӏизе. Гьелъул кумекалдалъул нижеца, ремонт гьабизе бегьулареб хӏалалда басралъараб школазул бакӏалда, базе ккола ичӏго цӏияб школа. Гьезие рихьизаруна ракьал, хӏадурана проекталъулабгун сметаялъул документация. Исана февралалда бухӏана Кӏуяда росдал школа, бачӏунеб соналда гьенибги цӏияб школа бан бахъине ккола.\nЗахӏматаб масъала ккола Гъуниб росдал гӏадамазе лъим гӏоларого букӏин. Гьеб росдал цо авалалде лъим машинабаз баччула. Гъуниб лъел мухъ къачӏалеб буго. Хьул буго бачӏунеб соналъ гъунисезул лъел масъала тӏубазе кӏвелин абураб. Гьединабго масъала буго цогидал росабалъги.\nХӏадур гьабулеб буго Гъунибе, Ругъжабе, Хӏутнибе, Хьиндахъе, Хӏотӏочӏибе ва Гъоркьияб Кӏогьорибе лъим бачиналъе проекталъулабгун сметаялъул документация.\nРайадминистрациялда аскӏобго буго 1932 соналда бараб, басралъараб лъималазул ах. Гьебги биххун, цӏияб ясли баялъе документация хӏадурана. Тӏадеялъул гьебги бан бахъине ккола. Капиталияб къагӏидаялъ къачӏана 2012 соналда бараб Кӏуяда росулъ ясли-ах.\nГъуниб, Хӏотӏочӏ росабалъ рана футболалъул майданал. Хъил тӏуна Салтӏа росулъе унеб шагьранухлул микьго километралъул манзилалда. Ракӏалда буго Ругъжаб ва Хӏотӏочӏ- Хьиндахъ росабалъе щвезегӏан нухазде хъил тӏезе. Капиталияб ремонт гьабуна Гъуниб ва Бацӏада росабазул спортзалазда. Гьединго районалъул 25 росулъе унел шагьранухал цӏи гьарун къачӏана.\nРеспубликаялъул хӏукуматалдаса гӏарацги тӏалаб гьабун, проекталъулал хӏалтӏаби унел руго Гъуниб росдада тӏад бугеб «Кьижарай бахӏарай» абулеб кьурул гӏус щула гьабиялда.\nКапиталияб ремонтги гьабун, культураялъул кӏалгӏаби рагьана Гъуниб ва Ругъжаб росабалъ. Исана капремонт гьабуна Бацӏада, Къорода, Силтӏа, Гӏобохъ, Мохӏоб росабазул школазда.\nРайоналъул росабалъ гьабуна анлъго парк. Масала, гъоркьиса республикаялъул росабазул парказда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда Хьиндахъ росдал паркалъе щвана тӏоцебесеб бакӏ.\n-Бачӏунеб соналъ гьаризе кинал хӏалтӏаби нужеца тӏаде росун ругел?\n— Гъуниб росдал 80 проценталъ басралъараб ясли-ахалъул минаялъул бакӏалда чара гьечӏого цӏияб мина базе буго. Гьединго цӏияб мина базе ккола Кӏуяда росдал бухӏараб школалъул бакӏалдаги.\nДагъэнергоялъулгун гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, январалдаса байбихьизе буго Гъуниб районалъул токалъул мухъазда капиталияб ремонт гьабиялъул хӏалтӏаби. Хисизе руго трансформаторал, хӏубал ва кварал. Бачӏунеб соналъ районалъул росабалъе газ бачиналъул карта бахъун буго, цӏех-рехал унел руго, кватӏичӏого хӏалтӏабазде байбихьила. Тӏоцебе газ щвезе буго Салтӏа, Силтӏа ва Кудали росабалъе, хадуб районалъул киналго росабалъеги.\n-Мугӏрузул районазда гьоркьоб Гъуниб район кидаго букӏана лъай кьеялъул рахъалъ цебесеб кьерда. Цогидал районазул школазги пайда босулаан нужер районалъул гӏемерисел школазул хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса. Лъай кьеялъул иш гьебго даражаялда цӏуниялъе районалда щиб гьабулеб бугеб?\n— Гъуниб, Сугъралъ, Салтӏа, Къорода, Кӏогьори ва Чӏохъ-Коммуна росабазул школазда цӏунун буго лъай кьеялъул ва цӏалиялъул цебесебго даража. Масала, гъоркьиса Гъуниб росдал школа лъугӏун унев щуго чияс босана меседил медаль. Гьеб школалъул тарихалда меседил медаль щун буго 145 чиясе. Жакъаги нижер школазул цӏалдохъабазул лъайги гӏадлуги лъикӏаб даражаялда буго. Гьез, Дагъистаналъул лъикӏал школазул цӏалдохъабазулгун къец бан, республикаялда тӏоритӏулел предметиял олимпиадабазда кидаго призалъулал бакӏал росула. «Президентлъун дун вукӏарабани» абураб республикаялда тӏобитӏараб къецалда Чӏохъ-Коммуна росдал школалъул цӏалдохъаналъ босана тӏоцебесеб ва Санкт-Петербургалда тӏобитӏараб гьединабго къецалда — призалъулаб бакӏ.\nЕГЭялъул хӏасилазги ниж рази гьаруна.\nНижер школазул учительзабазул лъай-махщалил бицунеб цо мисал бачина. Республикаялда тӏобитӏараб «Лъагӏалил учитель» къецалда Ругъжаб школалъул авар мацӏалъул учительницаялъ тӏоцебесеб ва Россиялда тӏобитӏараб гьединабго къецалда — призалъулаб бакӏ босана.\nГӏалимзабиги гӏакъилзабиги нижер гӏунги тӏокӏ руго. Дагъистаналъул ва тӏолабго Россиялъул батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулев вуго Гъуниб районалдаса 400-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмабазул доктор ва кандидат.\n-Районалда кин гӏуцӏун бугеб гӏадамазе медицинаялъул хъулухъ гьабиялъул хӏалтӏи. Коронавирусалда данде къеркьеялъул хӏалтӏи кин бугеб?\n— Коронавирусалъул ахӏи-хӏур бахъарабго, Дагъистаналда тӏоцебе нижеца районалде нух къана. Гьелдалъун районалда цӏакъ дагьал гурони гӏадамалги унтичӏо. Унти багъарараб мехалда райбольницаялда вукӏана 31 чи, гьениб къваригӏани рукӏине, тӏадеги 30 койка чӏезабун буго. Жакъа районалъул больницаялда вегун вуго, гьеб унтиялда щаклъи бугев 9 чи, гьезул цо чиясул гурони ковид батичӏо. Тохтурзабигун цадахъ, щибаб росулъе щун, нижер администрациялъул хӏалтӏухъабаз гӏадамазда бичӏчӏизабула гьеб унтул бугеб хӏинкъи ва цӏуна-къай гьабизе кколеб къагӏида.\nКомпьютерияб томограф къваригӏун бугин абун, республикаялъул бетӏерасухъе хитӏаб гьабидал, анкьго къоялдасан гьеб райбольницаялде битӏун бачӏана, заманалдасан бачӏана 19 ксероксги.\nПандемиялъул ахӏи-хӏуралъул заманалда нижеца больницаялда гӏураб къадаралда чӏезаруна къваригӏунел дараби, препаратал, гьединго «красная зонаялда» хӏалтӏулел медицинаялъул хӏалтӏухъабазе Дагъистаналда бищун цебе кьуна харжалде тӏаде бихьизабураб гӏарац.\nКоронавирусгун къеркьеялъе нижее кумек гьабуна ресалда ругел районцоязги. Масала, ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровас рачӏана гӏемерал кванил нигӏматал, ИВЛ-аппаратал, койкаби, Ругъжаса Гӏамирица, Мохӏоса Мухӏамад Чӏалдаевас гьабуна кӏудияб кумек.\n-Жакъа унтараб суал ккола мугӏрузул районазда росдал магӏишат нахъе кколеб букӏин. Инвалидлъиги гьабун, гӏадамал хӏалтӏудаса нахъе кӏанцӏун руго. Нужер гӏадамазде бахун бугищ гьеб «унти»?\n— Дун тӏоцеве гьаб хъулухъалде вачӏиндал, районалъул МТСалъул балансалда букӏинчӏо цониги белцин. Лизингалъул гӏарацги кьун, 2019 соналда босана кӏиго комбайн. Жидерго проценталги рецӏун, Гъизляралъул зонаялъул хъутабазда хӏалтӏабиги гьарун, Ставрополь краялде щвезегӏан ижараялдаги хӏалтӏун, гьебго соналъ гьез районалъул бюджеталде рехун бачӏана 300 азарго гъурущ.\nЖакъа районалда чӏаголъиялда буго 14 СПК, 111 фермерлъиялъул ва 7851 жалго бетӏергьанал чагӏазул магӏишатал. Дагъистаналдаго цӏар ун буго тайпадулаб гӏи гӏезабулел «Сугъралъ» ва «Милюб» СПКязул, гьединго «Чӏохъ» агрофирмаялъул. Гъоркьиса Астраханалда тӏобитӏараб Россиялъул росдал магӏишаталъул выставкаялда «Сугъралъ» ва «Милюб» СПКязул куйдузе кьуна меседил медалал.\nГъизляралъул зонаялда ругел нижер магӏишатазул хъутабазда гӏемерисез гӏезабула пиринчӏ ва могьолал культураби.\nКиналго магӏишатазда дандекъан, жакъа районалда буго 3913 чӏегӏерхӏайван ва 58438-гӏанасеб гӏи- цӏцӏани. Квеш бугеб жо ккола соналдаса соналде районалда гӏи-боцӏул къадар дагьлъулеб букӏин.\nАхал хӏалтӏизарун гурони, ракь бекьулел росаби къанагӏат руго. Цогидазе мисаллъун букӏине дица бегана нижерго умумузул ракь, ният буго гьениб кӏудияб ах гӏезабизе.\n-Тӏабигӏиял ва тарихиял памятниказ бечедаб букӏиналъги батила, къватӏисел ва жанисел туристазе цӏакъ бокьула Гъуниб районалде щвезе. Районалда туризм цебетӏезабиялъе хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб?\n— Гъуниб районалъул ракьалда буго республикаялъул ва федералияб кӏваралъул лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун памятник.\nСоветияб заманалда гьаниб хӏалтӏулеб букӏана «Орлиное гнездо» абулеб санаторий. Рачӏунел туристазул къадарги, жакъа гӏадин, цӏикӏкӏараб букӏинчӏо. 2020 соналда районалде вачӏун вуго 55-60 азарго турист. Гъуниб мегӏер, Гъамсукь росу, Салтӏа чваххи, Къорода бецӏкъварилъи, Чӏохъ ва Сугъралъ росаби, ай туристазда бихьизе жо гьаниб цӏакъ гӏемер буго. Хӏалтӏулел руго Гъуниб магӏарда бугеб «Орлиное гнездо» санаторий, пансионат «Радде» ва гӏемерал гьалбадерил рукъзал.\nДРялъул Туризмалъул министерствогун цадахъ нижеца гӏуцӏана районалда туризм цебетӏезабиялъул хасаб план. Киса-кирго лъуна гӏурус ва ингилис мацӏазда хъварал «Туристические навигации» абулел халкъазда гьоркьосеб тайпаялъул игӏланал.\nДир пикруялда, районалъул ракьалда ругел памятниказдаса бищунго къиматаб ва тарихияб ккола Гъуниб хъала. Гьелъие кьучӏ лъун буго 1862 соналда. Хъалаялда жаниб буго тӏубараб тарихияб комплекс. 150 соналъ цебе бараб, амма цониги нухалъ жиб букӏараб куцалъ къачӏачӏеб, ай биххун иналда хӏинкъи бугеб «Шамилил хъала» абулеб федералияб бетӏергьанлъиялъул тарихияб памятник Россиялъул Культураялъул министерствоялъул балансалда буго. Гьезулгун бухьенги гьабун, хъала цӏи гьабун къачӏаялъе тадбирал гьарулел руго. Гьелдаго цадахъ хӏалбихьулеб буго ЮНЕСКОялъул сияхӏалде Гъуниб хъала босизабиялъеги.\nЧара гьечӏеблъун ккола Гъамсукь росулъе шагьранух гьаби, гьединго Салтӏа чваххукье ва Къорода бецӏкъварилъиялда жанире иналъе лъикӏал шартӏал гӏуцӏи. Бачӏунеб соналда Гъуниб, Салтӏа, Накӏкӏазухъ рагьизе руго цӏиял туркомплексал.\n-Районазул бутӏрузул гӏарз букӏуна кьищни баччиялъул масъала тӏубазе захӏмалъулеб бугин. Нужеца кин гьеб тӏубазабулеб бугеб?\n— Республикаялда буго кьищни баччулеб ункъо регионалияб оператор. Къотӏи-къайги гьабун, гьез кисанго кьищни баччизе кколаан. Амма… Нижерги букӏана «Дагъэкодом» абулеб идара, амма, кколеб куцалда, гьелъ нижер кьищни баччичӏо. Гьелъул директор хӏалтӏудаса вахъана. Цӏияв директорас, Кӏуядаса Ахӏмадица, байбихьун буго жигаралда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Жакъа нижеца кьищни баччула Хважалмахьи росулъ бугеб заманалъулаб полигоналде. Планалда буго, печалги росун, гьанибго кьищни бухӏизе.\n-Гӏатӏиракьазде гӏадамалги гочун, росаби чӏороголъулел руго. Росабалъго гӏадамал чӏезариялъе нужеца щиб гьабулеб бугеб?\n— Гьеб унти нижер росабалъеги щун буго. Киналго цӏаларал чагӏазени киб гурин, гӏадатиял гӏадамазецин росабалъ хӏалтӏи гьечӏолъи, гьединго бигьаяб гӏумру гьабизе бокьи ккола гьелъие бугеб аслияб гӏилла. Нижер районалдаса цӏикӏкӏараб къадаралда гӏадамал къватӏире гочун унел ругин абиларо. Масала, Хӏутни, Хӏотӏочӏ-Хьиндахъ росабалъа гӏадамал къватӏире унаро.\n-Кин тӏубазабулеб бугеб гӏолилазе хӏалтӏи чӏезабиялъул ва гьезие хӏухьбахъиялъе шартӏал гӏуцӏиялъул суал?\n— Гӏолилазе хӏалтӏи чӏезаби ккола бищунго унтараб масъала. Районалда цӏикӏкӏунеб буго хӏалтӏи гьечӏел гӏолилазул къадар. Гьединлъидал цӏалун рахъарал гӏолилал районалде тӏад руссунел гьечӏо, хӏалтӏизе гьунар-махщел бугел чагӏиги шагьаразде гочунел руго. Росабалъ хутӏулел руго херал чагӏи. Жакъа росабалъ чӏара-хьараб гӏумру гьабиялъе квербакъула гӏадамазул жалго бетӏергьанал магӏишатаз. Гӏолилазе бокьулеб гьечӏо мукъсанаб гурони хайир кьолареб захӏматаб хӏалтӏи гьабизе.\nРайоналда руго культураялъул, творчествоялъул клубал ва хӏухьбахъиялъул централ. Эркенаб заманалда гӏолилаз пайдаяб хӏухьбахъи тӏобитӏиялъе нижеца щибаб росулъ рагьулел руго спортивиял залал ва майданал. Гьенир гӏуцӏулел руго батӏи-батӏиял спортивиял секциял. Чара гьечӏеблъун ккола райцентралда гьаб заманалъул кӏудияб спорт- комплекс бай. Гьединго къачӏалел руго культураялъул кӏалгӏаби, цӏи гьабулеб буго гьезул хӏалтӏи. Бокьулеб хӏалтӏи бугони, гӏолилал росабалъа къватӏире унаро. Ниж гьеб масъалаялда тӏад хӏалтӏулел руго.\n-Кинал рагӏабаздалъун районцоязда баркилеб тӏаде щолеб бугеб цӏияб 2021 сон, щиб гьезие гьарилеб?\n— Киназдаго ракӏ-ракӏалъ баркула тӏаде щолеб цӏияб сон. Районалъул халкъалъе дица гьарила сундулъго битӏккей, щулияб сахлъи, бечедаб ва ракълилаб гӏумру, мурадал тӏурай. Биччанте унеб соналдаса бачӏунеб сон нилъее бечедаб, талихӏаб ва рохалилаб букӏине. Биччанте 2021 соналда Аллагьас нилъедаса коронавирусалъул балагь тӏаса босизе."}
{"slug": "10296-khunzakh-e-shchvedal-rakigitsin-batiajisan-kabula-dir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10296-khunzakh-e-shchvedal-rakigitsin-batiajisan-kabula-dir", "title": "«Хунзахъе щведал, ракӏгицин батӏайисан кьабула дир»", "date": "2020-12-15 06:55:55", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьаб буго Мухӏамад Гӏисаевасулгун дир кӏиабилеб интервью. Тӏоцебесеб босун букӏана 2001 соналда, гьес Хунзахъ районалъул нухмалъиялде кандидатура лъедал. Доб мехалда гьев политикаялда гъорлъ вукӏинчӏо. Лъалаан Махӏачхъалаялъул мэриялда хӏалтӏулев чи хӏисабалда. Гьединлъидал Хунзахъ районалда тӏоритӏизесел рищиязда гьев бергьинин абураб ракӏчӏейги къанагӏатав чиясулги букӏун батиларо. Щайин абуни гьенир гӏахьаллъулел рукӏана гӏезегӏан гӏадамал. Амма Мухӏамад бергьана рищиязда. Хунзахъ районалъул нухмалъиялда гьев вукӏана кӏиго болжалалъ. Хадур гьесда тӏад къана республикаялъулги СКФО- ялъулги даражаялъул хъулухъал. Масала, хӏалтӏана «Курорты Северного Кавказа» гӏуцӏиялда, вукӏана туризмалъул рахъалъ ДРялъул хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комитеталъул нух- малъиялда, хадув – туризмалъулгун халкъияб махщалил министрлъун, хӏукуматалъул премьер-министрасул заместительлъун. Гьабсагӏаталда Мухӏамад Гӏисаевас нухмалъи гьабулеб буго РФялъул Пенсиялъул фондалъул ДРялда бугеб управлениялъе. Гьев ккола Хунзахъ районалъул Тӏагьадаса.\nДица диего политикаялде нух къан букӏана\n— Мухӏамад, гӏезегӏан бечедаб биография буго дур. Гьел хъулухъазда гьоркьоб бищунго кинаб дуе бокьулеб?\n— (велъулаго) Хунзахъ районалъул бетӏерлъун вукӏараб мех…\nАмма дица гьеб хъулухъ тӏаде босарал 2001-2009 соназдаги гьабсагӏаталдаги районалъе нухмалъи гьаби тӏубан батӏи-батӏияб жо буго. Доб мехалда дун кколаан халкъалъ цӏарги чӏван вищарав администрациялъул бетӏер. Щивниги лъугьунароан дица гьабураб хӏукмуялда дагӏба базе, гьеб хисизабизе. Амма гьелги рукӏунароанха закон хвезабурал, пачалихъалъул буголъи хъамал гьабурал, яги чи ахӏи-хӏуралде гъорлъе цӏалел гӏадал хӏукмаби.\nКӏудияб кумек щолаан депутатаздасанги, кидаго аскӏор рукӏунаан дирго заместителалги.\nРадал сагӏат ичӏгоялда хӏалтӏуде щвелалде, рас хутӏичӏого районалда лъугьа-бахъунеб жо лъан букӏунаан дида. Рогьалилъ вахъун унаан дун ралел объектазухъ балагьизе яги дагьабниги ахӏвал-хӏал хӏалуцарал бакӏал ругищали ваккизе, кӏалъалаан росабалъе. Цинги хӏалтӏуде щведал, заместителазда цере лъолаан нижеца тӏуразе кколел суалал.\nДица гьабураб хӏалтӏул 99 проценталдаса гӏадамал рази рукӏанилан абизе кӏола дида. Гьелдаса кӏудияб талихӏ щибха букӏинеб?\nРайоналъул бетӏерлъиялде лъаб- абилеб нухалда кандидатура лъолелъул, гьениб гӏемер хӏалтӏи букӏана рагӏалде бахъун – цӏиял нухалги, цо-цо росабалъе газ бачине хӏадурарал рогӏралги, канализацияги, лъурал лъел рогӏралги, къанагӏаталги росаби хутӏун рукӏун ратила школал яги спортивиял объектал къваригӏаралги. Доб мехалда байбихьана Гьоцӏалъ ГЭС базеги. Гьелда сверухъги гӏезегӏан дагӏбаги суалалги рукӏана. Амма районалъул бетӏер хӏисабалда дидаги божун гӏодоре риччана гьел. Дица бичӏчӏизабуна гьезда унголъунги улкаялъе хӏажатаб объект гьеб букӏин.\nМакьасда курорт базеги байбихьана дол соназда. Гьелда хурхунги букӏана цо-цо рагӏи-мех. Диниял чагӏиги бакӏалъул гӏадамалги чӏун рукӏана курорт банани, гьеб мухъалда саяхълъи, квешаб хьвада- чӏвади байбихьулилан. Гьенибги чӏванкъотӏун бичӏчӏизабуна дица Макьасда квараздасан хьвадулел нухалги гьарунани, хъещтӏолел ва хӏухьбахъиялъе цогидал бакӏалги ранани, эркенаб заман тӏамизе гӏадамал жидерго хъизаналгун цадахъгицин рачӏине бегьулилан. Лъикӏаб къасдалде ният букӏин бихьизабизе, дица доба тӏоцебе мажгитги бана.\nПалхӏасил, районалъул бетӏерлъиялда вукӏиналъ дие бергьун кӏудияб хӏалбихьи щвана – гӏадамалгун кӏалъазеги хӏалтӏи гӏуцӏизеги. Амма нилъеда ракӏалда букӏанщинаб жоги лъугьунеб гьечӏо – цо-цо ишал тӏурачӏогоги хутӏана.\nГьединаб бакӏалда кигӏан лъикӏ хӏалтӏизеян къеркьаниги, лъабго- ункъо соналдасан дагьа-макъабго оппозицияги баккула. Хӏур тамахаб бакӏиланищ гьеб кколебали, администрациялъул бетӏерлъиялде ишан босулел чагӏи загьирлъула. Амма бигьаго гьабулеб хӏалтӏи гуро гьеб.\n— Хадурккун республикая- лъул даражаялъул хъулухъалде, Махӏачхъалаялде, рачӏинелъунги къваригӏунеб батила районалъул бетӏерасул хъулухъ. Трамплин хӏисабалда.\n— Валлагь, доб мехалда дица диего политикаялде нух къан букӏана. Битӏараб бицани, дагьаб мехалъ кивниги хӏалтӏичӏого, дунго дидаго чӏезе бокьун букӏана. Щайин абуни цевехун дун анцӏго соналъ Махӏачхъалаялъул мэриялда Управлениялъул начальниклъун, микьго соналъ Хунзахъ районалъул бетӏерлъун хӏалтӏидал.\nАмма дида тӏад къана «Курорты Северного Кавказа» абураб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда тарав вакиласул хъулухъ. Кутакалда лъикӏаб окладги кьолаан. Цадахъго бачунаан «Южно-Газовая компаниялъул» нухмалъулесул ишги. Гьеб мехалда дун хӏалтӏулев вукӏана «Юг» абулеб бакӏал ралеб компаниялда. Гьединлъидал Олимпиялъул объектал раялъулъги гӏахьаллъанин абизе бегьула.\nКъватӏисеб ракьалда туризм цебетӏезабураб гӏеларин, гьанже нилъерго гьанибги цебетӏезабизе къваригӏун бугин гьебилан, Рамазан Гӏабдулатӏипов нухмалъиялда вугеб заманалда вачун цӏияб хӏалтӏуде тӏамуна дун. Туризмалъул рахъалъ ДРялъул хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комитет кколаан гьеб.\nЛъагӏел данде сверилалде Гӏабдулатӏиповас хӏукуматалъул председателасул вице-премьерлъун тӏамуна дун. Валлагь, гьеб ва гьелда цебехун букӏараб (комитеталъул нухмалъулесул) хъулухъ къваригӏун бугилан лъиданиги аскӏове ун, цӏарги бахъун букӏинчӏо дица. Тӏадежоялъе, вице-премьерасул хъулухъалъул буго гьадинаб хаслъи – хӏукуматалда гьабулеб цониги иш битӏа-бишун ккани, цӏар премьерасе яги гьеб сфераялъул министрасе букӏуна, амма гьеб хӏалтӏи кӏала- гъоркье чӏвани, бугеб-гьечӏеб гӏайиб вице-премьерасде гьабула.\nГьединго гьеб хъулухъалда сверухъ доба (республикаялъул нухмалъиялда – ред.) цо бичӏчӏулареб багъа-бачариги загьирлъулеб букӏана дие. Дагьалищха рукӏинел гьелде ишан босаралги жахӏда- хӏусуд бугелги гӏадамал.\nДунин абуни гьеб заманалда халкъияб магӏишаталде хӏалтӏизе ине анищазда вукӏана.\nКитаялде сапар нахъбахъи\nГьедин дидаго лъачӏого Пенсиязул фондалъул председателасул хъулухъалде дир кандидатураялъулги хал гьабулеб букӏун буго.\nДида гьеб лъана Китаялде ине аэропорталда чӏун вукӏаго. Жидеца дургун собеседование гьабизе метер Москваялде вачӏине кколин мунилан кӏалъан вачӏана цойидасанго РФялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулесул заместитель Анатолий Анохин. Дица гьесие махсарацин гьабуна жакъа 1 апрельги (гӏадамал махсараде кколеб къо) гуреблъидалилан.\nГьедин Китаялде сапар нахъба- хъизе ккана.\nМикьго къоялдасан цӏияб хъулухъалде вахъине кколилан лъазабун букӏана дида Москваялдасан.\nАмма лъикӏищ-квешищали лъаларо, гьелдаса хадуб жеги лъагӏелги ункъо моцӏалъги тӏубалеб букӏинчӏо гьеб суал. Хадуб лъана дирго гӏадин, жеги ичӏго-анцӏгониги чиясул кандидатураялъулги хал гьабулеб букӏараблъи.\nКкараб ккун букӏагиян, гьеб заманалда хӏукуматалъул вице-премьер хӏисабалда туризмалъул суалал тӏуразарулев дунги вукӏана.\n— Масала?\n— Масала, дица Рамазан Гӏаб- дулатӏиповасда абулеб букӏана нилъ гӏицӏго туризмалъул бицун тӏураларин, гьелда гъорлъе даран-базарги жубазабизе кколилан. Гьанже гьеб цебетӏезабизеги гӏураб гӏарац гьечӏилан жаваб кьуна Гӏабдулатӏиповас. Батӏаго гӏемераб гӏарац къваригӏунарин гьелъие, гӏиси-бикъинал даранчагӏазе, цӏулал, гӏарац-меседалъул устарзабазе эркенлъи кьуни, гьезие бигьалъаби чӏезаруни, гьез жидецаго чӏаголъи гьабулин бичӏчӏизабуна дица. Гьедин нилъехъе рачӏарал туристазе босизе къайи-цӏаги букӏинилан.\nМоцӏида жаниб дица гьесда бихьизабуна кин щиб гьабизе кколебали. Рахъана маршруталги цогидабги. Моцӏидасан, 28 декабралда, цӏияб министерствоги гӏуцӏун, Рамазан Гӏабдулатӏиповас дун туризмалъулгун халкъияб махщалил министрлъун тӏамуна.\nГьединго дир кутакалда лъикӏаб гьоркьоблъи ккана туризмалъул рахъалъ РФялъул Федералияб агентствоялъул нухмалъиялда вукӏарав Олег Сафоновасулгунги.\nГьеб мехалда дида кӏвана Дагъистаналда хурхараб щуго проект федералияб программаялда гъорлъе ккезабизе. РФялъул чамалиго идараялдаса вакилзабиги гъорлъ ругеб советалда цебе лъун букӏана гьеб суал.\nГьел проектазул цояб ккола Алмахъалда бугеб туризмалъулгун сах гьариялъул комплекс (гьанжегӏагар ДРялъул бетӏер Сергей Меликовги щвана гьениве).\nГьединго Гъизляр ва Дербент районазда ругел гьединалго комплексазулги букӏана гьел проектазда бицунеб – «Золотые дюны», «Золотые пески», «Ачиколь».\nГьезда цадахъго букӏана Лъаратӏа районалда бугеб «Цӏамугӏуриги». Хадуб гьеб нахъе босана проектазда гьоркьоса.\nГьедин туризмалъе къваригӏунеб инфраструктураялда тӏад харж гьабизе доб мехалда Дагъистаналъе тӏоцебе биччан букӏана 252 млн гъурущ.\nТуризмалъе цӏи-цӏиял планал рахъулев дун вукӏаго, цӏидасан кӏалъана РФялъул Пенсиязул фондалдаса Анатолий Анохин мун Москваялде вачӏине кколилан.\nГьедин ана Москваялдеги, цинги чвантиниб лъун удостоверениегун, тӏад вуссана Махӏачхъалаялде.\nРеспубликаялда лъиданиги лъалароан Пенсиязул фондалъул председательлъи дида тӏадкъараблъи. Байбихьуда дие рекомендация жинцаго кьун букӏаниги, хӏасил кинаб ккарабали Р. Гӏабдулатӏиповасдаги лъалароан. Гьединлъидал вице-премьерлъиялдаса нахъе ине гӏарза хъвазехъин бугин абидал, гьев гӏажаиблъун хутӏун вукӏана.\nПалхӏасил, гьедин вачӏана дун гьаб хъулухъалде.\n— Амма цебехун дуца гьабичӏеб, тӏубан батӏияб хӏалтӏиги бугоха гьаб?\n— Гьеб рахъалъ дие битӏ ккана. Гьаб системаялда хӏалтӏулев 1800- гӏан чиясул щивасда хадуб хал кквезе бажарулеб гьечӏониги, цере гьанир рукӏарал аслиял гӏунгутӏабазул гӏемерисел лъугӏизаризениги кӏвана.\n— Бокьарал бакӏазда рихьулаанха «Эбелалъул капитал» бахъизе кумек гьабилин къватӏахъ дора-гьанир седарал кагъталги, рагӏулаан Пенсиязул фондалдасан киналалиго гӏарцал рахъизе кумек гьабилин рицунел харбалги…\n— У, гьебги букӏана. Гӏемер ратана гьереси-пенсиял рахъарал хӏужабиги. Квеш ккараб жо буго гьединаб гӏайибалъе гӏоло хъулухъаздаса рахъарал чагӏазе хӏалтӏуде тӏад руссине кумек судаз гьабулеб букӏин. Амма дун вачӏун хадув гьаниса нахъе вахъарав лъабгоясул цонигияв судалда бергьинчӏо. Щайгурелъул хӏилла гьабулел чагӏи нижер гьанир хӏажат гьечӏолъи бичӏчӏизабуна дица судалда.\nПенсиязул фонд гӏагарлъиялъе хъулухъал ралагьулеб бакӏ гуро\n— Дур гӏадаб хъулухъалде ккарал чагӏаз гьенибе жидерго хъизан- кулпат бехъерхъулеб гӏадатги бугоха нилъер гьаниб.\n— Дирин абурал чагӏазул цонигияв гьанив хъулухъалда лъоларин рагӏи кьун букӏана дица. Дурц вуго хӏалтӏиги гьечӏого, ясалъулги батӏаго бегьунгутӏи букӏинароан гьаниб. Васасеги бокьун букӏун батила гьаниб жаниб лъикӏаб хъулухъ. Амма дица абуна воре, воре, Пенсиязул фонд бугин пенсиячагӏазул бакӏ, гӏагарлъиялъе хъулухъал ралагьулеб бакӏ кколарин гьебилан.\nГьединлъидал аслияб куцалда гьанибго батараб коллектив цӏунизе хӏаракат бахъулеб буго дица. Гӏиси- бикъинал гӏунгутӏабиги камилищха.\nДиде щвезегӏан батараб ахӏвал- хӏалалъухъ балагьун, букӏине кколедухъ хӏалтӏичӏолъиялъ (прогул) лъагӏалида жаниб 40 миллионалдаса цӏикӏкӏараб сагӏат гьоркьоб биччалеб букӏун буго тӏолабго республикаялда ругел нижер хӏалтӏухъабаз. Гьанже абуни гьеб заман 20 азарго сагӏтиде бачӏана.\nЛъикӏги гӏемерги хӏалтӏарал чагӏазе премиял кьеялъ бажарана иш рукӏалиде ккезабизе. Гьединлъидал гьезда бичӏчӏана хӏалтӏул къоял, сагӏтал гьоркьор риччарал хъулухъчагӏи гӏарцудаса махӏрумлъулел рукӏин.\nЦӏи вачӏарас гъоркь букӏараб командаялдаса инкар гьабулеб гӏадатги буго. Дица гьеб жо гьабичӏо. Масала, киналго заместителал ругелъурго тана.\nАхӏун кабинеталъурегун, гьездаги отделазул начальниказдаги дица лъазабуна дунгун цадахъ ракӏбацӏцӏадго, халкъалъе хъулухъалъе хӏалтӏизе къасд батани, гьанир чӏайин, гурони ине бегьулилан. Бугин жаваб кьуна гьез. Цо-цо, кӏи- кӏи чияс рагьун абуна, валлагь, жидехъа бажаризехъин гьечӏила цӏияб къагӏидаялда хӏалтӏизе. Гьеб жо дидагоги бихьулеб бугин, ине бегьулин дицаги абуна.\nГьабсагӏаталда дун кутакалда рази вуго гьездаса. Пандемиялъул заманалдацин хӏалтӏана гьел. Масала, лъимал ругел хъизаназе гӏарцул кумек гьабизелъун РФялъул президент Владимир Путиница рахъарал указал руго – №№ 317, 249, 412.\nНилъер республикаялда гьеб гӏарац щвезе кколел лъималазул къадарги батӏи-батӏияб куцалда бихьизабун батана. Гьелъие гӏилла ккола чанго батӏияб сияхӏ букӏин.\nМоскваялдаса (регионазда гьоркьосеб информациялъул централдаса) бачӏараб сияхӏалда букӏана 674 азарго лъимер. Юстициялъул министерствоялъ бихьизабун бугоан 713 азарго лъимер. Гьедин кинаб сияхӏалде мугъчӏвай гьабилебали лъаларого, захӏмат букӏана нижее.\nЛъикӏги-квешги, карантиналъул заманалда нижеца гьел хъизаназухъе битӏана кинабниги 16 млрд 353 млн гъурущ. Онлайналдасан гуребги, нижерго офисаздасанги, клиентазул хъулухъаздасанги бикьана гьеб гӏарац.\nУнти тӏибитӏиялда хӏинкъи букӏиналдаго цадахъ, цогидал гӏунгутӏабазги букӏана рахӏат- хвезабулеб. Масала, «Госуслуги» абураб порталалдасан гӏарзаги битӏун кьолеб къагӏидаги буго. Гьенибе лъималазул эбелалъ гӏарза хъваниги, гӏарац битӏулеб карточка инсул цӏаралда бихьизабун батулаан. Гьеб мехалда гӏарац нахъ буссун бачӏунаан. Цо миллиардасалда цӏикӏкӏун гъурущ бачӏана гьедин нахъ буссун. Жакъа къоялде 11 чиясул 290 азарго гъурущ хутӏизегӏан (гьел ралагьизе бажарулеб гьечӏо), цогидаб кинабго гӏарац гӏадамазухъе битӏун ана.\nГьедин шамат-гьатӏан къоязгицин хӏалтӏула нижер хӏалтӏухъаби. Гӏадамал рокъор тараб, гьадаб карантиналъул заманалда нижер Фондалда киналго хӏалтӏулел рукӏана, 30 процент хутӏизегӏан (ригьалъ кӏудиял, унтарал, яги лъимаде ругел руччаби).\nГьединлъидал дида ракӏчӏун абизе кӏола улкаялда жаниб бищун цӏикӏкӏун халкъалъулгун бухьен бугеб, халкъалда бухьараб идара Пенсиязул фонд бугилан.\nМиронов мекъи вуго\n— Амма «Справедливая Россия» партиялъул цевехъан Сергей Мироновас батӏайиса рикӏкӏунеб бугоха. Пенсиязул фондалъул отчётазда гъалатӏал кколел ругин, гьединлъидал гьеб расги хӏажат гьечӏеб идара хӏисабалда Пенсиязул фондалдаса инкар гьабизе кколин, нилъецаго пенсияги бикьунилан лъазабуна гьес гьанжегӏагар.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, политика буго гьелда гъорлъ. Жалго кӏоченчӏого рукӏине, жидедехунго кӏвар буссинабизе депутатазги партиязул церехъабазги зама-заманалдасан щибниги бицине ккола.\nАмма жидецаго бицаралъул хӏисабниги гьабизе ккеларищ? Гӏицӏго херал чагӏазе пенсия бикьи гуребги, цоги-цоги ишалги ругелъул нижеда тӏад.\nГьавураб къоялдаса нахъе хвезегӏан жив-жив чиясул хӏакъалъулъ баянал рукӏуна гьанир. Рагъул гӏахьалчагӏазеги, лъимал ругел хъизаназеги, сакъатазеги, пуланав чи хун хадуб хведалги — социалиял киналго хӏажалъабазе гӏарац гьанисанлъидал кьолеб.\nИндексациялдаса хадуб пенсиялда тӏаде бачӏунеб гӏарцул ишги гьаниб гьабула. Жакъа Дагъистаналда вуго 680 азарго пенсионер.\nГьединго жакъа къоялде щвезегӏан Пенсиязул фондалъ «эбелалъул капитал» кьун буго 300 азарго дагъистаниялъе. Цебе кӏиго-лъабго моцӏги балаан гьеб кодобе щвезе. Гьанже нижехъе гӏарза хъван щуго къоялдасан эбелалъухъе гьеб гӏарац щвечӏони, дихъе компьютералдасан сигнал бачӏуна. Гьеб мехалда, ахӏун отделалъул начальникгун, дица гьикъула гьелъие гӏилла щибилан.\nГьеб кинабгоги хӏисабалде босун, гьикъилинха гьедин абулезда Пенсиязул фондалъ гьабулеб гьабгунияб хӏалтӏи лъида тӏад къалебали? Моцӏи-моцӏие пенсиязда тӏаде бачӏунебги сакъатазегун лъималазул улбузе, ветераназе ва цогидазе щолеб гӏарац рикӏкӏинеги, рукъ-рукъккун гьеб бикьизеги щал нилъеца тӏамилел? Финансазул министерствойищ, казначействойищ? Херлъизегӏан хӏалтӏун гӏадамаз пенсиялъе гӏарац данде гьабулел фондазда ругел баяназул тӏалаб лъица гьабизе бугеб?\nТӏадежоялъе хӏисаб гьабизе ккола улкаялда пенсионеразул къадар 46 млн чи вукӏин. Гьел лъида божун тезе кколел? Абизе бегьула ракӏалде бачӏанщинаб жо – гьел гьоркьохъаби къваригӏун гьечӏин, яги цоги щибалигойилан.\nГьединго техникаялъул рахъалъги кутакалда цӏуна-къай гьабизе кколеб бакӏ буго гьаб. Хакераз рагьун ратун рукӏана Фондалъул базаби, архивал.\nГьединлъидал Пенсиялъул фондалъул хӏалтӏи жанисанго лъалев чи велъула, Мироновас гӏадал лъазабиял гьарулел рагӏани.\n— Фондалъ гьарурал гъалатӏазул букӏана гьес бицунеб.\n— Гъалатӏал гуро гьел. СНИЛСазда бараб жо букӏана. Цо-цо чагӏазе СНИЛС тӏагӏараб мехалда цогиги кьун батун, гьелъ лъугьинабураб дандеккунгутӏи букӏана. Паспорт тӏагӏараб мехалда гӏадин, тӏубан рагӏа-ракьанде лъазабичӏого кьезе бегьулароан гьеб СНИЛСги. Гурони, долдаги гьаб цӏияб кьуралдаги номерал батӏи-батӏиял лъолел ругелъул. Гьединлъидал, цин гъоркь рукӏарал номерал утилалде кьеян тӏалаб гьабизе кколаан законалъ.\n— Мухӏамад, мун цояб хъулухъалдаса цогидалде унеб мехалда дудехун бербалагьи хисулеб букӏанищ лъале-хъвалезул?\n— Дун цониги бакӏалдаса нахъе инчӏо хъулухъалдасаги вахъун. Хӏалтӏизе байбихьараб 1991 соналдаса нахъе кинабниги хъулухъ къваригӏун бугилан лъиданиги гьардезе жеги щивниги витӏарав чиги гуро дун.\nУниверситет лъугӏараб мех букӏана доб. Жиндир вакьадасе мун хӏалтӏуде восизе бокьун бугилан бицине вачӏана дир гьудул рокъове. Гьедин байбихьана «Дагминторгалъул» РСУялда начальниклъун хӏалтӏизе.\nГӏемер заманго иналде, цогидал рачӏана мэриялда хӏалтӏизе вилълъаян.\nХадуб кандидатура лъуна Хунзахъ районалъул нухмалъиялде.\nРайоналъул бетӏерлъиялдаса хадув дун ахӏана «Курорты Северного Кавказа» гӏуцӏиялде, цинги ДРялъул хӏукуматалде…\nПалхӏасил, цояб хъулухъалъ цогидаб хисулеб букӏана.\nАмма гьеб дур суалалъе гьадинаб жаваб кьела дица.\nХунзахъ районалъул нухмалъиялдаса нахъе индал, ункъо-щуго чи вукӏана зама-заманалдасан телефоналъ кӏалъан, бащдаб лъагӏалицаниги диргун гьудуллъи тӏезе толарого.\nАмма туризмалъул комитеталъул (туризмалъул рахъалъ ДРялъул хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комитет – ред.) нухмалъиялде дун тӏамидал, 700 чиясниги ахӏун бачӏана дихъе.\nГӏурулъе кӏицӏул лъугьунаро\n— Районалъул нухмалъиялда вукӏараб заманги бокьулеб буге- лъул, кида букӏаниги Хунзахъе тӏад вуссине бокьилебищ дуе?\n— (велъулаго) Дун гьелдаса ана гьанже. Гӏурулъе кӏицӏул лъугьунарин аби буго. Гьединлъидал цогидазеги нух кьезе ккола. Хасго гӏолохъабазе. Чанги-чанги гьунар бугел, церетӏурал гӏадамал рахъараб бакӏ буго Хунзахъ район. Ралагьани, жеги-жеги ратула гьел дора. Гьабсагӏаталда Хунзахъ вугев нухмалъулесулъги (Нурмухӏамад Задиев – ред.) гӏезегӏан лъикӏал къасдал рихьулел руго район цебетӏезабизе. Къваригӏараб бакӏалда дицаги гьабила гьесие кумек.\nХъулухъалъе гӏоло Хунзахъе тӏад вуссине ракӏалда гьечӏониги, анищалъги пикрабалъги дун кидаго дова вуго. Дир ватӏанлъидалха доб. Хунзахъ районалде щведал, ракӏгицин батӏайисан кьабула дир."}
{"slug": "10299-bertsinab-kherl-iyal-ul-g-asda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10299-bertsinab-kherl-iyal-ul-g-asda", "title": "Берцинаб херлъиялъул гъасда", "date": "2020-12-15 07:23:20", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мугӏруз тарбия кьурал, кьурабаз лъадарарал\nМугӏрул хараби-бихьинал. Ретӏун хъахӏал сагулабигун годекӏанир гӏодор чӏарал гьез берцин гьабун букӏунеб куц тӏубараб росуго. Гьениб бижулебщинаб гӏакъиллъи, гьенисан дунялалъулго гӏакълабазул кавабахъе боржанщинаб камилаб калам. Гьанжеги урхъун йикӏуна дун харабаз берцин гьабулеб годекӏаналъухъ. Росдадаго нур базабун букӏуна гьединаб гьайбатаб сураталъ: цо заманалдасан векерун вачӏуна васасул яги ясалъул вас. Хурхун виччан тола гьев дахӏададал горболъ. Цинги дахӏададаца сагулаялъулъе вачуна гьев, цингиги – дахӏабабаца рокъове ахӏулев вугин мун, къаде кваназейиланги абун, дахӏададал кверги ккун, гьункьиялда дахӏабабал хинкӏал квине унел кӏудиги васги…\nЧилайдул гъалалги чахътӏинир тӏамун, чарамул къолденги ретӏараб дуца…\nХъизамалъул гъанситохъ хинлъи цӏунарай мугӏрул чӏужугӏадан. Гьеб цӏадухъ гӏащикълъун йигеб куц! Хӏалакълъарал, рукӏкӏ-рукӏкӏарал квераз бакараб цӏадул гваргвария- лъухъ гӏащикълъун йиго. Гьеб цӏадуде данде паркъолел, кенчӏолел куц гӏумруялъул савуялъ релъарал дур расалги, даим гьурмадаса инчӏеб хӏикматаб гьимиги. Бугебдай ракьалда херлъарай, амма херлъизе заман гӏечӏей чӏужугӏаданалъул берцинлъи борцунеб роценго?\nГьелъ жегиги кучӏдулги ахӏизе ккола жиндирго тӏанчӏазулги тӏанчӏазул кинидахъ, лъимал хӏалтӏудаса рачӏиналде, панкъалги режизе ккола гьез, цӏурачадалги рукӏунел тӏагӏамал гьезул. Гьез гӏадин тӏидукарщги лъица гьабулеб. Эбелалъул карщил махӏгицин чӏвазе лъугьана дида гьабсагӏаталда. Гьанибго рехсечӏого гӏоларо цересел бертабазул нигӏматалги. Нужеца гурищ гьенир цӏурачадал гьарулел рукӏарал, чӏван гӏодор накабигун, картошкаялдаса хъалги нужеца бахъулаан. Томатги тӏаде гьабичӏеб гьанал чурпаги гьабсагӏаталдаги нужералдаса тӏагӏамаб лъилниги букӏунаро, кӏочон тезе бахъана – гӏатӏалъ пурщабаздеги хьул лъуна…\nГьанирго ракӏалде щвана Хӏамзатил Расулил рагӏабиги:\n— Херал магӏарулал,\nнужер цо рагӏи,\nЦо гӏалимчиясул тӏехь буго дие…\nУнго-унголъунги, нужер берцинлъи, нижер хириял хараби, бихьинал ва руччаби! Нижер гӏумруялда гьайбатал накъищал угьарал устарзаби. Нижер гӏумруялда тӏагӏам бекьарал наял. Нижер, нужерго лъималазул, къисматалъул цӏам. Нижер саназул гвангъарал маржанал. Гьелъул щибаб чӏум – нужеца нижее кьурал гӏумруялъул дарсал.\nНижер хириял умумул ва улбул!\nРорхатал мугӏрузда тӏавап гьабулел пахруял ва чӏухӏарал тӏадегӏанлъиялда ругел нужер хӏакъалъулъ гурищ кӏудияв шагӏирас хъвараб:\n— Институтал\nцӏалун рахъинчӏониги,\nЦӏвабзазул мацӏ лъала\nгьезул щивасда…\nКьурабалъ бижараб нужер согӏаб тарбиялъул кьалбазул щулалъиялъ гурищ жакъаги Дагъистан чӏаго бугеб. Нужер лебаллъиялъ гурищ Дагъистаналъул каранда хъвараб бахӏарчияб тарих. Нуж. Нуж. Нуж. Киса-кирего – нуж. Гьеб тарбиялъул кьалбазда киданиги рекӏине гьечӏо кьаву.\nЦӏидасанги пикрабазул гъамутакье кколей йиго. Рарал саназ гуро гӏумру борцунеб. Нахъа тарал гӏумруялъул лъалкӏазин. Гьелин абуни, нужер щивасул руго. Гьенисан жакъа беролел руго бахӏарчилъи-багьадурлъиялъулги, яхӏ-намусалъулги иццал. Гьел иццазул гьуинлъиги цӏулаго, нужер гӏумруялъул дарсалги кьолон, нужеца гӏаданлъиялъул сивуниб гӏадатлъиялъул гъасда бакараб цӏаги дагьабги гьелегьинабулаго, гӏумру гьабулеб буго нужер ирсилаз.\nСаназ ханлъи гьабизе лъугьиндалгицин, цо нужер гьуинлъи, нижер хӏурматиял.\nНижецаги хӏаракат бахъила нужер къисматаздаги расенал угьизе, нужеца нижее гьабуралъул гьитӏиналгӏаги кескал тӏад руссинаризе. Нижги – нужер сахаватаб бакъул чӏорал, нужер цӏадул хӏенхӏал, нужер пикрабазул тахидаги ниж, нижер талихӏалъул гъанситохъги нуж. Нилъ цоцазда рухьунеб рухьен цохӏо буго, гьелъул лъугьараб квацӏиялда цӏарги буго Рокьи. Нижер хӏеренал, хӏасратал, недегьал, гьелдаго цадахъ хъачӏалги, согӏалги, къвакӏаралги, кьвараралги. Нижее гьечӏого гӏоларел нижер гӏумруялъул гӏидраялда рижарал тӏугьдул. Нижер нужедехун бугеб лъугӏи гьечӏеб рокьиялъ къойил лъалъалел гьез гӏумруялда базабун букӏунеб тӏагӏам.\nЩибаб лахӏзаталъ хӏажат рукӏуна нижее иманалъул цӏураб нужер сабруги, гӏакълабазул цӏурал дарсалги, нужер гӏетӏги тӏун хъвараб бахӏарчияб тарихги, тарих берцинлъизе цӏарал тарал нужер цӏобги цӏаралги.\nНижер сахаватал умумул! Нужецаго нужее къачӏараб берцинаб херлъиялъул гъанситохъ сахлъиялда таги нуж!"}
{"slug": "10300-gavayalda-bizharab-gunar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10300-gavayalda-bizharab-gunar", "title": "Гьаваялда бижараб гьунар", "date": "2020-12-15 07:39:49", "categories": ["lit"], "text": "Талихӏалъул цӏваялъухъе гьабураб роржен\nАсхӏабгӏали цӏалулев вукӏана Буйнакск шагьаралда. Киназулго гӏадин, гьесулги рукӏана жиндирго анищал. Гьелги гьес жиндирго цӏваялда аскӏор паракъат гьарун рукӏана. Зама-заманалдасан гьезухъе гьоболлъухъ гьес жиндирго пикрабиги ритӏулаан. Цо къоялда, Асхӏабгӏалидацин гьикъичӏого, гьесул цӏваялъ анищазда гъуна куркьбал ва гьев вачун щвезавуна жиндирго анищалъухъе гьоболлъухъ. Гӏолиласда бичӏчӏана гьез жиндие рахӏат тезе гьечӏеблъи. Ва гьез бигьа гьабун каву къирана гьесул гӏумруялъул сухъмахъазде…\nГьеб сордоялъ бихьизабизе кколаан концерт. Гьенир гӏахьаллъулел рукӏана доб заманалда магӏарулазда гьоркьоб кӏудияб машгьурлъи букӏарал Даку Асадулаев ва Манарша Дибирова. Магӏарул кочӏол кидагосев асирлъун лъугьарав Асхӏабгӏалиги щола концерталде. Ва гьениб кунчӏана гӏолиласул цӏва – концерталда цеве вахъана Дурангъиса палугьан Нажмудин Шихмухӏамадов. Ва гьеб лахӏзаталъ тӏуркӏана гьесул пикраби — Асхӏабгӏалиеги бокьана кварида жиндирго хӏалбихьизе. Гьелдаса нахъе гьесул пикрабалъа нахъе унеб букӏинчӏо гьаваялде боржине къачӏараб жиндирго гьунаралъул букӏинесеб…\nТӏадегӏанлъиялда гвангъараб пагьму\nГьеб кьурдана Турциялда, Парижалда, Сагӏудиязул Гӏарабиялда, Крымалда, Россиялъул батӏи- батӏиял регионазда, Дагъистаналъул районазда ва шагьаразда ва цогидалги бакӏазда. Бицана гьелъ дунялалъего Дагъистаналъул халкъазул тарихалъулги, гӏамалал- гӏадатазулги, маданияталъулги. Гьеб гьунаралда цӏарги буго палугьанлъи. Дие бицен гьабизе бокьараб гьеб гьунаралъул буго кӏиго кваркьи: цояб – Россиялъул телевидениялъул тӏоцебесеб каналалда «Старше всех» передачаялда цеве вахъарав Асхӏабгӏали Хӏасанов ва гьебго каналалда «Лучше всех» передачаялда жидер пагьмуялъе кутакалда хъатчӏварал Асхӏабгӏалица куцарал гӏисинал палугьаби.\nГьел церерахъиналги ракӏалде щвезарулаго, редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏарав Асхӏабгӏалица бицана:\n— Гьел рукӏана цӏакъго хӏалуцарал лахӏзатал. Гӏисинал гьунарчагӏаз кваридасан бицине кколаан балагьаразе мугӏрузул улкаялъул хӏакъалъулъ. Диеги кӏудияб асар гьабуна, гьез нижер гьунаралъе кьолеб къимат рагӏидал. Цо-цоял гӏодулелгицин рукӏана — гьал нилъер ватӏаналъул лъимал ругиланги ахӏулеб букӏана гьез. Унго-унголъунги, гьезул букӏараб чӏухӏи Дагъистаналъул гӏисинал вакилзабазухъги ралагьун.\nГьеб букӏана нижер церерахъиналъе кьолеб цӏакъго кӏудияб къимат. Гьедин къабул гьаруна ниж киса-кирего. Нижер цадахъаб хӏалтӏул хӏасиллъунги букӏунаан гӏадамаз чӏвалеб хъатги, кибго батараб рокьиги, адаб-хъатирги. Кире аниги, тӏад руссана гран-при яги тӏоцересел бакӏалги ккун.\nАсхӏабгӏали Хӏасанов ккола «Палугьан» абураб халкъияб студиялъул нухмалъулев. Гье- лъие кьучӏ лъуна 2003 соналда Махӏачхъалаялъул № 28 школалда, доб заманалда школалъул директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав Азим Юзбековасул гьариялдалъун.\n2004 соналда гьеб школалъул гӏисинал гьунарчагӏи гӏахьаллъана «Бегущая по волнам» передачаялда ва ккуна тӏоцебесеб бакӏ…\nДолдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Асхӏабгӏали Хӏасановасулги гьесул гьунарчагӏазулги цӏар машгьурлъана. Гьеб гьунаралъ жакъаги бицунеб буго Дагъистаналъул бахӏарчияб тарихалъул. Кваридасан гьеб боржуна нилъехъе. Кинха чӏухӏиларел гьединал ирсилаздаса – гьаваялда кварида кьурдулеб тарих бихьидал. Гьенир лъималаз гьарулел кьурдабаз ахӏулеб бугин ккола жал бахӏарчиял умумузул наслаби ругилан.\nГьунаралъул хӏокӏаздасан\nТӏегьан бачӏунеб букӏана Асхӏабгӏалица кьучӏ лъураб палугьанлъиялъулаб школа. Заманалдасан Махӏачхъалаялъул №28 школалда букӏараб гьеб гочана №42 школалде.\nГьенире хьвадулаан шагьаралъул батӏи-батӏиял школаздаса лъимал.\n— Ниж гочинчӏеб бакӏго хутӏичӏо. Бокьун букӏинчӏо дицаго кьучӏ лъураб, лъимер гӏадин дие бокьулеб гьеб циркалъулаб студия биххизе. Гьединлъидал, кинал захӏмалъаби дандчӏваниги, бокьун букӏинчӏо къуркьизе, — ян абуна Асхӏабгӏалица.\nЦинги хадубги гьес бицана:\n— Жакъа къоялъ ракӏбакъвачӏого хутӏулеб гьечӏо. Берцинго тӏегьан бачӏараб, дунялалдаго машгьурлъараб гьеб пагьму-гьунаралде нуцӏа къараб къо бачӏинин абураб хӏинкъи камулеб гьечӏо. Нижго бетӏергьанаб чӏейгицин гьечӏо нижер. Дирго ирсилалгицин хутӏиялда щаклъизе бачӏунеб буго. Нилъер лъималазе киса-кибего чӏвала хъат, бахиллъула гьезул гьунаралда. Амма гьеб цебетӏеялъе республикаялда шартӏал гьечӏо. Кисаниги, лъихъаниги щолеб кумекги гьечӏо. Гьитӏинаб кумекалъгицин рохизарула ниж. Гьеб рахъалъан кумекалъулаб квер бегьула Республикаялъул Халкъияб творчествоялъул ва имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъиязги. Гьелъухъги гьезие кӏудияб баркала буго. Амма гьаваялда бижараб гьеб гьунаралъе гьеб дагьаблъун бихьулеб буго.\nЖакъа республикаялда буго кӏиго-лъабго гьединаб студия. Гьеб дагьаб гьечӏищ гьадинал пагьмуял лъимал церетӏезариялъе? Лъималаздаги бихьулеб батила жидерго гьунаралдехун бугеб бербалагьи – цониги гӏахьалчиясда ракӏалде кколеб гьечӏо гьеб гьунаралда куркьбал гъезе, — ян.\nХӏакъикъаталдаги, гьеб буго тӏадегӏанаб гьунар. Пашманаб хӏужалъун ккеларищ, цо заманалдаса гьеб гьунар ракьалде рещтӏани ва гьенисагицин гьелъул махӏ лъугӏани.\nКъо бихьун гӏуцӏараб гьеб студия кодобе кьезе чи гьечӏогоцин хутӏиладай гьев?\n— Дунги кӏодолъулев вуго. Нагагь къваригӏанийилан дица цадахъ вачуна дирго вас. Ва ккараб бакӏалда гьев цевеги вахъуна, — ян абуна Асхӏабгӏалица.\nГьабсагӏаталда «Палугьан» къо- къаялда вуго микьго гӏахьалчи: щуго ясги, лъабго васги.\nШкола дагьабги машгьурлъараб «Лучше всех» передачаялда гӏахьаллъаразул гьабсагӏаталда хутӏун йиго цо гӏахьалчӏужу.\nАмма ругьун гьариялъул хӏалтӏаби гьоркьоса къотӏулел гьечӏо. Гьелъго борцунарищ Асхӏабгӏали Хӏасановасул жиндирго хӏалтӏудехун бугеб жавабчилъи цӏикӏкӏараб бербалагьи Ва цӏидасанги цебе бачӏунеб буго хӏикматго берцинаб сипат:\n— Мугӏрузулаб Дагъистаналдаса гӏисинал гьунарчагӏи. Гӏадамазул ракӏазулъе гьаваялдасан лъураб кьо. Миллатазул саринал, гьезде дандекколел кьурдаби, кьурдабазухъ балагьун гӏорцӏулареб сверухълъи, машгъуллъараб гӏалам…\nЦерерахъиналъул ахир – Россиялъул гимналда гъоркь, улкаялъулги республикаялъулги байрахъалги парпазарулаго, талихӏалъул бакъназул бакъул чӏоралгун цадахъ балагьаразе баркала кьезе цере рачӏунел руго «Палугьанги» гьелъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасановги…"}
{"slug": "10301-covid-19-l-imalazda-gurkhiuleb-unti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10301-covid-19-l-imalazda-gurkhiuleb-unti", "title": "COVID-19 — лъималазда гурхӏулеб унти", "date": "2020-12-15 08:03:10", "categories": ["med"], "text": "Дунялалда коронавирусалъ унтаразул къадар бахана 67 миллион чиясде. Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, цӏех-рех гьабурал 70 проценталдаса цӏикӏкӏун гӏисинал лъималазул (7-8 сон базегӏан) коронавирусалде данде иммунитет лъугьун батана. Гьелда рекъон, лъимал къанагӏат гурони унтулел гьечӏин абун цӏуна-къай гьабичӏого тезе бегьиладай? Ясли-ахаздеги лъимал эркенго хьвадула, амма гьел щвезаризе яги нахъе рачине рачӏарал эбел-инсуда маскаби ретӏинарулел руго. Лъималаздаса цоцазде бахународай гьеб унти? Гьединал суалал гӏемер раккула лъималазул улбузда гьоркьор. Махӏачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудиновалъ бицана коронавирус унти баккаралдаса нахъе жидеца гьабураб хӏалтӏул ва дандчӏварал захӏмалъабазул хӏакъалъулъ.\n— Унтул бищунго кор боркьараб заманалдаги ниж рокъор гӏодор чӏун рукӏинчӏо. Поликлиникаялда гӏуцӏун букӏана коронавирусалъ унтарал лъимал къабул гьарулеб ва гьезул хал гьабулеб бакӏ, — ан бицана Патӏиматица. — Коронавирус букӏунин абун цогидал унтабиги тӏагӏун рукӏинчӏелъул, цогидал унтабигунги рачӏунаан нижехъе яги телефоналъ ахӏулаан. Коронавирусалъ унтарал яги цӏа-кан бахун рачӏарал лъималазул хал гьабулаан, анализал росулаан. Гьеб унти тӏатарал лъималазе дарабиги хъван, малъа-хъваял гьарулаан. Захӏматго унтарал чангоял больницаялдеги ритӏана.\nЛъималазде коронавирус бахунарин абун гьел бокьахъе риччан тезе бегьуларо. Цо хъизамалда чӏахӏиял унтараб мехалда лъималаздеги гьеб унти гӏемерисеб мехалда бахинчӏого хутӏуларо. Коронавирус бахарал лъимал захӏматго унтуларо. Гӏемерисезул унтул гӏаламатцин къватӏибе кьечӏого тӏагӏун батула. Гьеб мехалда гӏадамаздаги ракӏалде кколеб буго гӏисинал лъимал унтизего унтуларин абун. Кӏочене бегьуларо, загӏипал, батӏи-батӏиял унтаби ругел лъимал рахунел унтабаз хехго унтулеблъиги. Рахунел унтабазул тохтурзабаз гьединал малъа-хъваял гӏемер гьарула, амма эбел-инсуца гьел гӏадахъ росуларо. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда атракционазде, гӏемерал гӏадамал ракӏарарал бакӏазде лъималги рачун хьвадулелги камуларо.\n— Тукабазда, ясли-ахазда, жамгӏияб транспорталда маскаби ххезе тӏадаблъун бихьизабун буго. Лъималаз ххун гьечӏони щибго абуларо. Гьезде бахунарищ унти?\n— ВОЗалъ ва ООНалъул Лъималазул фондалъ щуго сон бачӏеб лъимада маска ххезаби битӏараблъун рикӏкӏунаро. Гӏисинал лъималазда маска ретӏунги бажаруларо, гьелъул магӏнаги бичӏчӏуларо. Балугълъуде рахинегӏан лъималазул гьуърул гӏатӏилъулел рукӏуна. Лъабго сон тӏубазегӏан лъималазул хӏухьел цӏалел мухъал къваридал рукӏуна. Маскаялда гъорлъайин абуни хӏухьел босизе жеги захӏмалъизе рес буго.\n6-11 сон барал лъималазда маска ххезабула коронавирусалъ унтарал гӏадамазда гьоркьор ругони. Гьенибгицин хӏисаб гьабизе ккола лъимада маска ххезе бажарулеб бугищ, гьелъ лъимадул психикаялъе лъикӏаб гуреб асар гьабулеб бугищали.\n12 сон баралдаса нахъе лъималаз, чӏахӏиязго гӏадин, маскаби ххезе лъикӏаблъун бихьизабун буго ВОЗалъ, хасго гьел унтарал гӏадамазда гьоркьор ругони. Ясли-ахазда, школазда, спортзалазда лъималазда маскаби ретӏинаруларо, гьоркьоса къотӏичӏого рагъарахъдулелъул маскабазулъан хӏухьел цӏазе захӏмалъиларедухъ.\n— Лъимал коронавирусалъ унтаниги, гьездаса чӏахӏиязде унти бахунарин абураб хабар битӏараб бугищ?\n— Гӏемерисеб мехалда коронавирус лъидаса бахарабалицин чӏезабизе кӏоларо. Унти бахиналъул хӏакъалъулъ тохтур-инфекционистасда цӏехезе ккола. Лъалеб жо буго, бокьараб бахунеб унти хехго тӏибитӏизе рес буго унтарав чи ченхъолев вугони. Гьелдалъун вирус гьаваялда хехго тӏибитӏула. Лъимадулин абуни, къватӏибе кьолеб хӏухьелги хъегӏиги чӏахӏияздаса загӏипаб букӏуна.\nДунялалдаго гьарурал цӏех- рехаз бихьизабулеб буго лъималаздаса коронавирус унти гӏемер тӏибитӏулеб гьечӏолъи. Ясли-ахазда ва школазда гӏисинал лъималаздаса цоцазде унти баханин абунги гӏемер рагӏуларо. Рокъоб коронавирусалъ унтараб лъимер бугони, цо хъизамалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазде унти бахинчӏого букӏинеги рес гьечӏо, гьел кидаго аскӏор рукӏунелъул.\n— Лъимал коронавирус бахиналдаса кин цӏунилел? Яги гьез унти бигьаго хӏехьолин абун гӏодоре риччан рукӏине бегьулищ?\n— Хъизамалда COVID-19 бугев чи ватани, гьев киназдасаго батӏаго вукӏине ккола. Унтарасда 1,5 метралъ аскӏобегӏан къазе лъимерги биччаларо. Унтарас ва лъимералъ маскабиги ххезе ккела. Рукъ щибаб къойил рагӏа-ракьанде щун биччараб чӏартица бацӏцӏине ва гордал- нуцӏби рагьун цӏияб гьава хьвадизабизе ккола. Къватӏире унелъул гӏисинал лъималазда малъизе ккола гӏадамал гӏемерал бакӏазда чӏогеян, рокъоре щвейгун сапнаца кверал, мегӏер, кӏал чуреян. Рахунел унтабазул аслияб тушман ккола рацӏцӏалъи. Гьебги бичӏчӏизабизе ккола лъималазда. Нагагь цӏа-кан бахун бугони, нужецаго дару-сабаб гьабизе лъугьунге, тохтурасухъе ахӏе. Гӏемераб лъим гьекъе.\nУнти бахинаредухъ иммунитет щула гьабизе бегьула. Цӏикӏкӏун витаминал гъорлъ ругеб квандаса пайда босила. Бакъвараб пихъил компотал гьекъани, лъикӏ букӏина.\nКоронавирус унтул гӏаламатал ккола – цӏа-кан бахин, сири бай, бетӏер унти, загӏиплъи, магӏазукъалал раци, хӏалцен, хӏухьел цӏазе захӏмалъи, ччорбал унти, конъюктивит. Цо-цо мехалда чехь-бакь унтизеги, лагӏдей, риххел щвезеги рес буго. Унтиялъ кьолеб бищунго кӏудияб захӏмалъи вирусалъулаб пневмония букӏинги киназдаго лъала, гьединлъидал цӏуна-къай гьабиялъ лъиегӏаги зарал ккеларо, пайда гурони.\nЦӏа-кан бахунин абун, цӏакъго хӏинкъун, риххун лъугьинеги бегьуларо. Хасало грипп ва цогидалги квачалъул унтабиги рахине бегьулелъул лъималазде. Интернеталдаса цӏехон диагнозал лъечӏого, тохтурасда цӏехани лъикӏаб букӏина."}
{"slug": "10302-gudulasul-k-vati", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10302-gudulasul-k-vati", "title": "Гьудуласул къватӏ", "date": "2020-12-15 08:16:20", "categories": ["kultur"], "text": "Гӏабдула Даганов гьавуралдаса 80 сон тӏубаялде)\nДун унев вуго дирго гьудуласул цӏаралда бугеб къватӏ ккун. Унев вуго гӏодове виччан. Пикрабазда. Гьаб къватӏ Махӏачхъалаялъул цогидал къватӏаздаса берцинабги, чӏухӏарабги, бацӏцӏадабги гьечӏого батизеги бегьула, амма дие гьаб бищун берцинаб буго: гьанир ругел минабиги дида берциналлъун рихьула. Дида ккола гьел дунгун гаргадулел ругин, хӏатта гъветӏ-херцин.\nДун зама-заманалда щола дирго гьудуласул цӏаралда бугеб къотӏнове. Дида ккола гьев, цевего гӏадин дунгун гаргадилев, кидаго гӏадин, махсараби гьарулев вугин, гьесул аваданаб релъи, гьаракь рагӏулеб бугилан.\nДун унев вуго дирго гьудуласул къотӏносан. Гьенир цо-цо минабазул къадазда, хасго къватӏал рикьуда дица цӏалула «Улица имени Абдуллы Даганова» абун. Дун валагьун чӏола, цоги нухалда цӏалула ва дир ракӏ бохула.\nДир ракӏалъ рикӏкӏуна Гӏабдулал кечӏ:\nГьудул, дуцагун цадахъ\nБорхулелъул чогърол лълъар,\nДида ккола гьеб рекӏел\nХӏасраталъул цӏун бугин.\nХӏакъикъаталдаги кӏудияб хӏасраталъул цӏураб, берцинабщиналдаса, лъикӏабщиналдаса бохулеб, хинлъулеб букӏана поэтасул ракӏ. Бохулаан радал баккулеб бакъудаса, къотӏноб, эбелалъул кверги ккун, бачун унеб лъимадаса, тӏегьараб гъотӏодаса, шагьаралда бараб цӏияб минаялдаса.\nГьеб букӏана гьесул гӏумру бокьиялъул, гьелдаса чӏухӏиялъул цо къагӏида. Рорхатал мугӏрузул тӏогьив гӏурав, тӏугьдузул майданалда гӏицӏал хӏатӏалгун васандарав, тӏоцересел бакъул чӏоразукь нусго батӏиял кьералгун паркъолел тӏугьдуз гӏажаиблъизавурав, магӏарда гӏухьбузул цӏадухъ маргьадулъ гӏадал сардаз паналъизавурав Гӏабдулада гӏумруялъул берцинлъи лъачӏого букӏине рес букӏинчӏо. Гьесда гьеб лъана ва бихьана щивав чиясда гӏадин гуреб — вукӏинесев шагӏирасда гӏадин. Ва гьеб киналъго асар гьабураб хӏасратаб рекӏеца тӏалаб гьабула гьеб асар, хӏасрат, шавкъ къватӏибе загьир гьабизе. Ракьулъ хӏалуцараб лъим къватӏибе кӏанцӏулеб гӏадин.\nГӏабдулаца хъвадаризе байбихьана школалда цӏалулеб мехалдаго. Тӏоцересел кучӏдул рахъун рукӏана районалъул «Гӏияхъан» газеталда. Гьел рукӏана ракьулъан хӏинкъадго раккулел ихдалил тӏугьдул гӏадал, лъимаца абулел тӏоцересел рагӏаби гӏадал. Гӏабдула хъвадарана. Пикраби камиллъанагӏан, гӏумру лъанагӏан рагӏи цӏубана, бегӏерлъана. Анцӏила микьго сонилаб гӏумруялда гьес хъвана:\nХасалил магӏудулъ тӏирщарал хурдуз\nТӏабигӏаталъул кьер хисизабуна.\nДир бахьинаб кьегӏер ссанул рагӏалда\nГӏурччинхарил лазат босулеб буго.\nХадурго хъварал лирикаялъулал кучӏдузул цоялда, жиндирго сурат бахъулеб гӏадин, хъвана:\nДун, черхалъе цӏияб жангун щавкъ щварав,\nЦӏияб къоги баркун, вахъана къватӏив,\nАхикь дихъ ралагьун ратила гъутӏби,\nКъо лъикӏаб бихьулин, чӏахъаги рогьел!\nГьеб букӏана гӏолохъанав шагӏирасул гьале дунилан халкъалда лъазаби, жив къватӏиве вахъанилан борхатаб ва ракӏчӏараб гьаракьалъ лъазаби. «Ахикь дихъ ралагьун ратила гъутӏби», — ян абулеб буго. Щай гъутӏби? Гъутӏбуз пихъ кьола. Пихъил гъветӏги шагӏирги — гьезул буго цого философияб магӏна. Гӏабдула вахъана тӏагӏамаб пихъ кьолеб гъветӏлъун гуревги, лъикӏав ахихъанлъунги.\nГӏолохъанав шагӏирасул шигӏрияб творчествоялъул байбихьи берцин ва бечед гьабуна гӏадамазул магӏарухълъиялъулаб гӏумруялъул кьер-кьерал накъишаз. Рекьарухъаби, хурухъаби, гӏухьби гӏадал рахӏат-хӏалхьи лъаларел гӏуцӏарухъабазул хӏалтӏиги махщелги бищунго хӏажатаблъун ва къиматаблъун бихьулеб буго шагӏирасда ва гьезие гьабулеб буго рецц-бакъ.\nБуйнакскиялъул педучилище лъугӏигун, Даганов цӏияб гӏумруялде лъугьана. Рухӏиябгун гӏамал-хасияталъулаб даража гӏемерго бечелъарав шагӏирасда церечӏола цӏиял ва тӏубанго батӏиял творчествоялъулал ресал, рорхалъаби, гӏумруялъул цереккун лъаларел рукӏарал, рихьичӏел кьерал, нухал, батӏияб дунял.\nБуйнакск, гьал шагьаразул\nМун бищун гӏолохъанаб,\nГӏолохъанаб дир доб мех\nДуца беэдараб куц.\nПедучилище, сонал, —\nДир гӏумрудул ункъо их,\nЩулалъи дир куркьбазе\nБокьахъе щвараб мактаб.\nРекӏее щварабщинабги ботӏролъ данде гьабурабщинабги къватӏибе загьир гьабизе цо шигӏрияб махщел гӏей гьечӏеблъун бихьула гӏолохъанав, амма жаналъул цӏураб ракӏалъул поэтасда ва хъвала хабариял асарал: «Тӏогьилал ганчӏал», «Эбел, дун ва кечӏ» абурал къисаби. Амма хадубккун хабариял асарал хъваялдаса инкар гьабуна.\nДагановасул гӏамал-хасиятги ракӏги, ва жеги гӏумруги, хабариял асарал хъваялдалъун хӏебтӏичӏо, гӏодобе буссинчӏо. Гьев вукӏана хӏалхьи гьечӏев, гӏищкъуялъ кодове восарав, воржине куркьби гӏоларев инсан. Гьединаб рекӏее хӏажалъула поэзия, роржен, хӏасрат. Гьединлъидалин Дагановасулъ тӏолабго творчество, мугӏрузул гьава тӏугьдузул махӏал гъорлъ росараб букӏунеб гӏадин, лирикаялъ, «махӏитӏа босараб» бугеб: кинаб асар босаниги гьелъул хӏасратаб бакъан рагӏулеб, рекӏел хӏасрат, хӏеренлъи бихьулеб. Гӏагараб ракьалде, гӏадамазде, тӏабигӏаталде, чӏужугӏаданалде ва жеги гӏагарал мугӏрузде рокьи, тӏолабго творчествоялъулъ бессун буго Гӏабдулал. Рекӏел бухӏи, бидулъ беролеб цӏа, рахӏатхвей, хӏасрат махщалида рагӏабаздалъун загьир гьаби ккола захӏматаб искусство.\nМисалалъе босизин «Ватӏан» абураб кечӏ.\nДир гьайбатаб ватӏан, тӏугьдузул квацӏи\nРогьалилъ хурдузда тӏад кенчӏолеб щуб.\nТӏегьай, тӏегьай, тӏегьай мун их кинигин,\nГвангъе хъахӏил зодихъ багӏарбакъ гӏадин.\nДир гьайбатаб ватӏан, гьунаразул ицц,\nВасал космосалде роржараб улка.\nЦӏилъе, цӏилъе, цӏияб къо кинигинан,\nКъвакӏе, къвакӏе жеги чараналдаса.\nДир гьайбатаб Ватӏан, дир кенчӏолеб цӏва,\nЦӏвабигӏан эркенал гӏадамазул, ракь.\nЧӏухӏула, чӏухӏула, чӏухӏула ватӏан,\nЧӏухӏи гьечӏел гьал дур бахӏарзаздаса.\nМахщел бугел кочӏохъабаз шагӏирзабазул тӏахьаздаса хъирщула, тӏаса рищула пасихӏал, берцинал, чвахун рачӏунел ва, гьайгьай, магӏнавиял кучӏдул. Гӏабдулал гьаб кечӏ ахӏулеб рагӏараб мехалда щивав чиясул рекӏелъе лъугьунеб батизе буго ватӏаналдеги кочӏол авторасдеги рокьи ва хӏурмат.\nДагановасул творчествоялъулъ, харилъ гьайбатаб тӏегь гӏадин, маргьабалъ хӏинкъи-къай лъаларев нартав гӏадин вихьула хӏурмат тӏадегӏанав инсан. Кинаб кечӏ, кинаб поэма босаниги, кивго вихьула, ватула гӏадан. Шагӏир чӏухӏула гьесдаса, шагӏир унтула гьесул унтиялъ, шагӏир вохула гьесда цадахъ. Инсанасдаса къиматабги хириябги жо шагӏирасул щибго гьечӏо.\nГӏадан хиралъи, гьудуллъи, инсан кӏодо гьави — гьеб букӏана Гӏабдулае хасиятаб гӏамал. Гьеб бутӏаялда гьев лъидасаго бергьун гурони чӏолароан. Къварилъи-гӏатӏилъи ккаралъув бищун цеве хьолбохъ эхетулаан. Гьединлъидалин гьесул гӏемерал асарал ругел хасал чагӏазе сайгъат гьарурал.\nДир гьудул, Пайзулагь, макьуги кӏочон,\nЧалухал мугӏрузде рилълъа гьаб къаси,\nНилъей тӏогьазда тӏад цӏваби къвакелеб\nКъарахъ букӏинаан маргьадулъ гӏадин.\nТӏогьолаб гӏурдада гӏодорги рукӏун,\nГӏинтӏамизин лъоба тӏабигӏаталъухъ.\nТӏабгӏ-гӏамал берцинал, чилъи борхарал\nХабар умумузул букӏина гьелъул.\nГьайбатаб гӏумрудул гьалдолел къоял,\nГьарзаго гьез танин нилъей ирсалъе.\nГьаб буго «Къарахъ» абураб кочӏол байбихьи. Гьал мухъазулъцин бихьулеб буго пикраби руссараб бакӏ. Гьес жиндирго бахӏарчи ахӏулев вуго магӏарухъе «цӏваби къвакелеб» тӏогьазде рахине, тӏабигӏаталъухъ гӏин тӏамизе. Амма аслияб мурад буго чилъи борхарал харабазул харбихъ гӏенекки, цересел хараби ракӏалде щвезари; нилъер цереса арал гӏагаралги, гьудул-гьалмагъзабиги, ишцоялги ракӏалде щвезари, гьезул лъикӏал ишазул бицин. Гьеб кколелъулха чӏаго ругезул тӏадаб парзлъунги, пайдаяб ва кири кӏудияб ишлъунги.\nГӏемерал руго гьадинал кучӏдул Дагановасул. Кучӏдул щиб — поэмабиги: «Ахӏулгохӏ», «Цӏадулал цӏарал», «Сталинград».\nПоэмабазулъцин гурел гӏемер кӏудиял гьечӏел кучӏдузулъцин цӏалдолезул ракӏал тӏуркӏизе, режизе гьарулеб рухӏияб къуват лъезе кинаб захӏмат авторас хӏехьезе ккарабали бичӏчӏизе захӏмат гьечӏо. 2008 соналда «Сталинград» ва «Цӏадулал цӏарал» абулел поэмабазухъ Даганов мустахӏикълъана Волгоградалъул администрациялъул литературияб премиялъе.\nГьезде тӏадеги гьес хъвана машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ тӏахьалги. Гьел хъваялъул мурад букӏана магӏарул миллаталъул лъикӏал, гьунар бугел гӏадамал гӏадамазда лъай, гьезул цӏарал гӏелалъ гӏелалъухъе кьун, цӏунун хутӏи. Щибаб асарги хъвалаан, Аллагьасда цебе гьелъул, гӏолеб-гӏолареб рахъги борцун, жаваб кьезе кколеб гӏадин.\nТворчествоялъулаб хӏалтӏи Дагановас бачана хӏукуматалъул хӏалтӏуда цадахъ махщалида. Литературиябгун художествияб ва жамгӏиябгун политикияб 14 батӏияб мацӏалда бахъулеб журналалъул жаваб кьей — гьеб ккола хӏакъикъаталдаги жавабияб ва захӏматаб хӏалтӏи. Журналазул киналго хӏалтӏухъаби рукӏана творчествоялъулал гӏадамал, гӏумруялдеги, хӏалтӏудеги жинди-жиндир хасаб бербалагьи бугел. Гьединлъидал камулароан цо-цо бахӏсги къецги, амма Дагановас, гӏакъилав нухмалъулес гӏадин, кинабго берцинго нухда бачунаан, рекъезабулаан. Гьесдаса ракӏхун цониги хӏалтӏухъан хутӏичӏо. Дагановасул лъикӏлъи, гьезде гьесул букӏараб нухмалъулесулаб тӏалаб-агъаз, гьесие хасиятаблъун букӏараб гӏаданлъи лъазеги гьелъул бицинеги лъугьана гьев гьечӏого хутӏидал.\nДаганов Гӏабдула вукӏана росдаеги гӏемерал гьудулзабазеги цӏакъ хӏажатав инсан. Гьединлъидалин гьудул-гьалмагъзабазул ва росуцоязул гьариялда рекъон, Чӏарада районалъул Гьочоб росдал школалъе кьураб Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабдула Дагановасул цӏарги."}
{"slug": "10346-saltia-tsiiyab-nukh-ragana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10346-saltia-tsiiyab-nukh-ragana", "title": "Салтӏа цӏияб нух рагьана", "date": "2020-12-21 07:57:01", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъуниб районалъул Салтӏа росулъе рачӏунеб шагьранух кьучӏдасанго къачӏан бахъана. Гьеб ккола 2017-2020 соназда Дагъистаналъул нухазул магӏишат цебетӏезабиялда хурхун къабул гьабураб программаялъул цо бутӏа.\nНух рагьизе Салтӏе рачӏун рукӏана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаров, транспорталъулгун нухлул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадов, туризмалъулгун халкъияб махщалил рахъалъ министрасул заместитель Эмин Мерданов, Халкъияб Собраниялъул депутатал Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов, Муслим Гиндиев ва цогидал.\nГъуниб районалъул официалияб сайталда хъвавухъе, къачӏан лъугӏараб гьеб нухлул халалъи ккола анкьго километр. Гьелда тӏад харж гьабуна 138 млн гъурущ. Нухлул рагӏалчӏван лъун руго цӏадал ва цогидаб лъим чвахизе маххул 15 рогӏоро, нухлул 99 ишара, сигнал кьезе хӏажалъулеб 424 хӏуби.\nГьеб нух къачӏазе квербакъарал гӏадамазе баркалаги кьолаго, Хизри Абакаровас кӏвар буссинабуна тӏабигӏаталъул берцинлъиялъул ва гьава-бакъалъул рахъалъ Гъунибги Салтӏаги туристазул ракӏал тӏаде цӏалел бакӏал рукӏиналде. Гьединлъидал гьединал бакӏазда нухалги квегӏенал рукӏине кколин абуна гьес.\nТуризмалъул хабар ккун букӏаго, Эмин Мердановасги тӏаде жубана Хизри Абакаров сабаблъун тӏадеялъул риидал Салтӏа рагьизе бугин экстрим-базаги гостиницаги.\nРосдал бегавул Шамил Каримовас «Хӏакъикъаталъе» бицана 1970-абилел соназдаго гӏатӏид гьабун, къачӏазе хӏисабалде босараб нух кколаанин гьеб. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, кӏвар кьечӏого хутӏун букӏанин.\n— 2017 соналда ДРялъул Нухазул магӏишаталъул агентствоялъул нухмалъулев хӏисабалда, Мухӏамадзагьид Хучбаров Гъуниве вачӏараб заманалда борхун букӏана гьеб суал.\nГьабсагӏаталда Хизри Абакаровасги Выборгалда вугев бизнесмен Сиражудин Мухӏамадовасги кумекги гьабун, ниж цоги нухалъ ун Хучбаровасухъегун, роцӏинабуна гьеб.\nАнкьго километралъул манзилалда хъилги тӏун, Махӏачхъалаялдасан рачӏунаго Тӏасияб Гъунибе Салтӏасан унеб шагьранух къачӏазе рагӏи кьун букӏана Хучбаровас, — ан бицана Ш. Каримовас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гьаб нухлул проекталда хӏисабалде босун букӏун буго туристазда гьоркьоб машгьураб Салтӏа чваххукье унеб нухги къачӏазе. Амма чанцӏулго тӏаса бюджетги къотӏун хутӏана.\nАмма цӏияб проекталда рекъон, ДРялъул Нухазул магӏишаталъул агентствоялъул нухмалъиялъ рагӏи кьуна гьенибе нухги Кудалибе унеб кьоги ихдал къачӏазе, ай туризмалъул сезон байбихьилалде."}
{"slug": "10347-untaral-dagl-ulel-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10347-untaral-dagl-ulel-gechio", "title": "Унтарал дагьлъулел гьечӏо….", "date": "2020-12-21 08:01:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Декабралъул бащдаб моцӏалда жаниб республикаялда ковидалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏана микьнусгогӏан чиясдалъун. Гьезул гӏаммаб къадар бахана 1750 чиясде.\nКоронавирусалде данде къеркьолеб Россиялъул Оперативияб штабалъ кьурал баяназда рекъон, 30 ноябралда республикаялда ковидалъ унтун вукӏана 937 чи.\nМахӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялда ругел унтаразул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ Фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералдасан гьеб больницаялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Маллаевас 15 декабралда гьадин бицана:\n«Гьабсагӏат больницаялда регарал унтаразул 184 чи вуго захӏматаб хӏалалда. Гьезда гьоркьоса 42 чи вуго реанимациялда. Гьезда хадуб хъулухъ гьабулеб буго 245 тохтурас, гьоркьохъеб медицинаялъул 345 хӏалтӏухъанас ва гӏисинаб персоналалъул 207 чияс»."}
{"slug": "10348-magiarul-najil-gotsiogi-giiyal-gangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10348-magiarul-najil-gotsiogi-giiyal-gangi", "title": "Магӏарул найил гьоцӏоги гӏиял гьанги", "date": "2020-12-21 12:29:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нилъер республикаялдаса найихъан Рафик Сефербеков бергьана «Россиялдаго бищун тӏагӏамаб гьоцӏо» абураб кӏудияб конкурсалда. Гьеб тӏобитӏана ДРялъул Найихъабазул ассоциациялъ, гьединго, гьеб тадбиралъе квербакъана республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъги.\nБищун лъикӏал найихъаби тӏаса рищулел рукӏана анлъго батӏияб номинациялда рекъон. Конкурсалда цере лъун рукӏана Россиялъул 30 субъекталдаса 200 батӏи-батӏияб тайпаялъул гьоцӏо.\nРафик Сефербеков бергьана «Полифлорнияб чӏегӏераб гьоцӏо» абураб номинациялда. Гьесие щвана 240 балл.\nГьанжегӏагар лъазабун букӏараб «Россиялъул тӏагӏамал» абураб тӏолгороссиялъул конкурсалда бергьана Дагъистаналъул гӏиял гьанги. Гьединго нилъер республикаялъул бренд хӏисабалда, конкурсалда рихьизарун рукӏана нилъер ахбазаналъул сокги, хӏанги, пурчӏинадул хьонги, бакъвараб бакьги, хурдузул чайги.\nФиналалде борчӏана гӏиял гьан ва гьениб бергьенлъиги босана.\nМагӏарул гӏиял гьанал тӏагӏамалъе къимат кьуна рикӏкӏадаб Севералдаса байбихьун Дальний Востокалде гӏунтӏун батӏи-батӏияб миллаталъул гӏадамаз."}
{"slug": "10349-tsiorol-dadagi-vachiun-shchib-rokhel-ganib-bugeb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10349-tsiorol-dadagi-vachiun-shchib-rokhel-ganib-bugeb", "title": "Цӏорол Дадаги вачӏун щиб рохел гьаниб бугеб?", "date": "2020-12-21 12:33:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда байбихьулеб буго «Цӏияб сон — щибаб рокъобе» абураб акция. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана 14 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул гӏолилазул рахъалъ ишазул министр Камил Сагӏидовас.\nЗахӏматаб пандемиялъул заманалда Цӏияб соналъул байрамалда хурхун дандеруссиналги лъималазе байрамалги тӏоритӏизе рес гьечӏолъиялда бан, ресукъал хъизамаздаса ва ковидалда данде къеркьолел ругел тохтурзабазул лъималазе сайгъатал рикьулеб къагӏида ургъизе ракӏалде ккун буго гьезда.\nЦохӏо нилъер республикаялда гуребги, Россиялда киса-кибего тӏобитӏизе буго гьеб акция. Гӏадамазул кумек гьечӏого гьеб тадбир рагӏалде бахъунарелъул, щибаб рокъоре хьвадизе хӏадурал волонтерал данде гьарулел руго. 18 декабралде щвезегӏан бокьарав чияс хъвай-хъвагӏай гьабизе бегьула «DOBRO.RU» абураб сайталда.\n— 19 декабралдаса байбихьун хӏалтӏизе биччазе буго гьеб акция. Халат бахъине буго 31 декабралде щвезегӏан. Цӏорол Дадал ва Гӏазул ясалъул парталги ретӏун, рокъо-рокъоре хьвадун, лъималазда Цӏияб сон баркизе буго гьез. Лъимал рохизари, хасго гьадинаб хӏалкъараб заманалда, цӏакъ кири кӏудияб ишги гьечӏищха. Кванил нигӏматалги, гьединго ковидалде данде дарабиги рукӏине руго сайгъатазда цадахъ, — илан бицана К. Сагӏидовас.\nАкция цохӏо Махӏачхъалаялда гуребги, республикаялъул киналго шагьаразда, гьединго районаздаги тӏобитӏизе буго. Гьелъие волонтеразулги кӏудияб къокъа къваригӏуна. Хӏалтӏи гӏемераб бугелъул, хӏакъикъаталдаги гӏезегӏан чи хӏажалъулин гьелъиеян абуна министрас. Ракӏалда бугила гьеб акциялъе 2000-гӏанасев волонтер данде гьавизе. Цереккунги жидеца гьарулел рукӏарал тадбиразда гӏахьаллъизе гьезул гӏемерав чи вачӏунев вукӏиндал, жинда кколин гьаб нухалъги волонтеразул къварилъи букӏинарин бицана К. Сагӏидовас.\n— Гьабсагӏаталдаго хӏадурун буго лъималазе кьезе 1500 сайгъат жаниб лъураб къвачӏа. Ракӏалде ккола гьезул къадар жеги цӏикӏкӏине батилин. Аслияб куцалда, акциялъе сайгъатал хӏадуризе нижее кумек гьабуна «Бацӏцӏадаб ракӏ» ва «Инсан» абурал гурхӏел-рахӏмуязул фондаз. Гьединго нижеда кидаго кверчӏвала «Хъиргъу» ва «Зеленое яблоко» дармил рукъзабазги. Цоги кумек гьабизе бокьарав чи ккани, гьелдасаги инкар букӏинаро, — ян бицана гьес.\nРоссиялдаго тӏобитӏизе бугеб гьеб акциялъул тӏоцебе пикру загьир гьабуна Иванов областалдаса Володя Смирновас. 5 декабралда волонтеразулгун букӏараб дандчӏваялда Владимир Путиние загьир гьабуна гьес жиндирго пикру, ва президентасги гьелъул рахъ ккуна."}
{"slug": "10350-5-g-tushmanl-ungi-kkun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10350-5-g-tushmanl-ungi-kkun", "title": "5 G тушманлъунги ккун", "date": "2020-12-21 12:37:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Жакъа интернеталъул бугеб кӏвар бицинчӏониги нилъеда лъала. Хасго пандемиялъул заманалда загьирлъана гьелъул хӏажалъиги.\nЧӏобого кьолеб интернет\nУнти тӏибитӏилин абураб хӏинкъиялъ гӏемерисел идараби, хъулухъал интернеталдасан гьаризе байбихьана – тохтургун кӏалъазеги, пособиялгун пенсиял ва хӏалтӏухъ мухь щвезеги, цӏала-къали гьабизеги, жеги гӏезегӏан жал гьаризеги интернет къваригӏунеб батана.\nГьедин росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамаз исана сон байбихьаралдаса интернеталдаса росарал фильмазул, кучӏдузул, суратазул ва цогидаб контенталъул бакӏлъи бащалъула 40 терабайталда.\nАслияб куцалда гьел раккун руго «Госуслуги» сайталде, МФЦялъул, Пенсиязул фондалъул, рекӏел гъеялъул ва лъай кьеялъул сайтазде.\nИсана бищун гӏемер интернеталде раккун руго Дахадаев районалъул Шадни ва Гъизляр районалъул Сангаджи росабазул гӏадамал.\n«Устранение цифрового неравенства» абун «Ростелекомалъ» билълъанхъизабулеб программа сабаблъун щвараб интернет ккола гьеб. Гьелда рекъон, чӏобого «Вай- фай» хӏалтӏулел зонаби руго республикаялъул 14 районалъул 110 росулъ. Гьеб буго тукабахъ, школазда, администрациялъул минабахъ. Тӏасияб соналъул ахиралде чӏобогояб «Вай-фай» кколел бакӏал рукӏина лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун росулъ. Масала, магӏарул районазул бицани, рехсезе бегьула Гъуниб, Лъаратӏа, Чӏарада районазул росаби.\nЖамгӏиял бакӏазда чӏобого интернет кьолеб гьеб программа хӏалтӏизабула гӏицӏго гьенир гӏумру гьабулел гӏадамазул къадар 250-500 чи вугони.\nАмма…\nАмма жакъа къоялъ гьедигӏан нилъер кверал рухьараб интернет бачине квекӏенал гьарулел руго гӏадамаз.\nБатӏи-батӏияб бухьеналъул операторазе квалквал гьабулеб буго вышкаби лъезе. Гьанжегӏагар гьединал хӏужаби ккана Лъаратӏа, Чӏарада, Гумбет, Цӏумада, Гъуниб, Гъаякент, Рутул районазул цо-цо росабалъ.\nЩайин абуни, гӏадамазул рахӏат хвезабулеб буго 5G абураб бухьеналъул хӏакъалъулъ ахираб заманалда раккун ругел харбаз. Хасго коронавирус баккидал цӏакъго гьалаглъана гьел. 5 G-ялъул вышкабаз ковидги багъаризабулин, чорхолъ онкологияги лъугьинабулин абураб пикру бижун буго халкъалда гьоркьоб.\nЦерехун рехсарал росабалъго гӏадаб ахӏи-хӏур бахъун букӏана исана маялда Гъизилюрт районалъул Цӏияб Чӏикӏаб росулъги. Росдал руччабаз бицунеб букӏана, цӏогьохъего гӏадинги рачӏун, ясли- ахалда аскӏоб лъун батанин вышка, жидее кӏиабилеб Чернобыль хӏажат гьечӏин. Хӏакъикъаталда, ахираб кӏиго-лъабго моцӏида жаниб 50- ялде гӏагарун чиги хун вуго гьеб росулъ.\nГьел гӏодоре риччазаризе Гъизилюрт районалъул бетӏерлъун вукӏарав Мухӏамад Шабановгицин вачӏун вукӏана. Вышкаялдалъун дагьа-макъабниги зарал кколеб батани, гьезул цонигияб лъезе гьечӏин лъазабун букӏана гьес гӏадамазда. Хадуб лъана гьеб вышка жидецаго гӏадамазе бичулеб интернеталъул хехлъи цӏикӏкӏине цо компаниялъ лъолеб букӏараблъи.\n«Техника цебетӏеялдалъун щварал ресаздаса пайдаги босун, гьелдаго цадахъ гьеб техника цебетӏезабизе биччаларин чӏарал гӏадамазда гӏажаиблъизе бачӏуна. Квеш ккараб жо буго официалиял СМИяз бицаралдасаги «цо кӏодоца бицана» абурал харбазда гьел цӏикӏкӏун божулел рукӏин», — илан абуна ДГУялъул инженерияб физикаялъул доцент, физикаялъулгун математикаялъул кандидат Сагӏид Ниналаловас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, росабалъ гьел лъоларо, щайин абуни, 4 G-ялъулазда дандеккун, 5 G-ялъул вышкаби цӏакъго аскӏо-аскӏор лъезе ккола. Чӏахӏиял ва гӏадамал гӏемерал шагьаразда гурони, чи дагьал бакӏазда гьел лъеялъ хайир кьоларо.\nНиналаловас бицана хехлъи цӏикӏкӏараб букӏиналъ 5 G хӏалтӏизабизе бегьулин медицинаялда (хирургал-роботаз операциялги гьарун), гьединго, жанив шофер гьечӏеб транспорталда. 5 G-ялъ кьолеб буго квадратияб метралда цо млн гӏанасев чиясе интернет. 4 G-ялъул интернет абуни гӏицӏго къоазаргоясде гӏунтӏун чиясе гурони щоларо (гьедигӏанасебго бакӏалда).\nНиналаловас бицухъе, дунялалда тӏоритӏарал рикӏкӏен гӏемерал хӏалбихьияз баян гьабун буго сотовияб бухьеналъул вышкабазги, «Вай-фаялъул» роутеразги, кодор кколел телефоназги инсанасул чорхое зарал гьабуларилан.\n«Ростелекомалъул» пресс-хъулухъалъ баян гьабуна жидецаги цогидал идарабазги бицун бичӏчӏизабидал, цо-цо росабазул гӏадамазул пикру хисулеб бугин.\nРехселин ВОЗалъул (сахлъи цӏуниялъул рахъалъ дунялалъул гӏуцӏи) баянги: 5 G-ялъул бухьен 4 G-ялдаса гӏемерго къуватаб бугониги, гьелъ чорхое зарал гьабуларо."}
{"slug": "10351-rakialdeshchveyazul-chiinkiill-iyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10351-rakialdeshchveyazul-chiinkiill-iyalda", "title": "Ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялда", "date": "2020-12-21 12:41:50", "categories": ["insan"], "text": "Намусалъул сивуний сси\nбугей магӏарулай\nМугӏрул чӏужугӏадан! Дур бицун свакалей гьечӏо дун. Цо-цо мехалда дур берцинлъи рагьизе рагӏабигицин ратуларого йикӏуна.\nГӏагарал мугӏрузул тӏогьазда дуцаго дуего бараб намусалъул сивуний гӏодойги чӏун, хӏайранго ялагьун йиго мун дуниялалъухъ.\nРоол иххаз чурхъаниги, хасалил бураназ квегъаниги, къуркьичӏо мун къисматалъе. Гьез дагьабги къуват кьуна дуе. Кочӏолъги ахӏараб дур берцинлъиялъул, къисаби сайгъат гьарурал дур гьайбатлъиялъе, хъизамалъул гъасда даим сунареб дур цӏаялъе бетӏерги къулараб жибго гӏумруялъ.\nМугӏрул чӏужугӏадан! Бокьун буго жакъаги цоги нухалда дуе сайгъат гьарурал рагӏаби хъвазе. Гьаб нухалда дир лъай-хъвай ккана Зайнабилгун. Щвана дун гьелъул рокъоеги.\nДица нуцӏа рагьулаго, дандего ячӏана сабураб гьурмада гьимиялъ жиндирго накъишал рахъарай чӏужугӏадан. Лъикӏ щварайилан магӏарул мацӏалда гьей кӏалъаниги, гӏурус мацӏалда жаваб кьолей дие бадибчӏвайги гьабуна гьелъ. Дунги дагьай йихха-хочана, гьей магӏарул мацӏалда кӏалъайдал.\n— Щай дида лъалареб магӏарул мацӏ. Валлагьги лъалебха. Дун чӏухӏула магӏарулай ятиялдаса. Болъихъ гьаюрай ва гьенийго гӏурай дида цӏакъ лъикӏха лъалеб магӏарул мацӏ, — иланги абун, гьимана гьей.\nГьелъухъ кодоб букӏана дагьаб цебегӏан къватӏибе биччараб «Хӏакъикъат» журналги.\n— Вай-вай, магӏарул журнал-газетагийищ дуца цӏалулеб? – илан дица гьикъидалги, гьаб нухалдаги жавабалъул бакӏалда гьимана гьей.\nУнго-унголъунги, гьимиялъ чӏужугӏадан берцин гьаюн толеб куц. Гьелъ херлъиялъе кьун букӏунеб гьайбатлъи. Гьелъулъго бахчун букӏунебщинаб къварилъиги! Цогидаздаса пашманлъи бахчараб гьими…\nТӏоцебесеб иргаялда, гьелъ ракӏалде щвезабуна жиндирго тухумалъул тарих. Ва дагь-дагьккун гьелъ дун ячана ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялде. Гьениб гъасда гьелъ цӏидасанги бакана цӏа.\nРакӏалдещеял. Гьелин абуни, гӏезегӏан ругоан Зайнабил. Бицана гьелъ дие умумузул, кӏудиял умумузул, гьезулги…, гьезулги… умумузул къиса. Гьелъ гьединго лъазарун руго гьезул хобал ругел бакӏалгицин.\nГьеб кколарищ жакъасеб гӏелалъе унго-унгояб мисаллъун, анкьумумузул къисматалъул балъголъаби лъазари. Гьеб букӏана дие Зайнабидасан щвараб гӏумруялъул дарс.\n— Я, дир эбел, гьай ячӏун йиго, дур анкьумумузул хъвазе гурей, дур хӏакъалъулъ хъазе,- йилан яс Аминатица абуниги, Зайнабица жиндирго ракӏалдещвеял лъугӏизаруна.\n— Гьале гьанже щванаха дидего ирга, — йиланги абун, цодагьалъги лъалхъун, цоги нухалдаги гьимун, цӏидасанги ракӏалдещвеязул карачелазулъе лъугьана гьей.\nГьез еэдулей йикӏана, санал ран кӏодолъаниги, гӏолохъанлъиялъул гьимиялъе хилиплъичӏей, хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьаялъе жегиги ритӏухъайлъун хутӏун йигей Зайнаб Агъларовна Гӏалиева.\nХъахӏаб халгӏаталъе бараб гьа\nБолъихъ гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, гӏолилай цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде сах гьариялъул факультеталде.\nГьебги лъугӏизабун, хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда, жиндиего къисмат гьимараб Казбек районалъул больницаялда. Чанго соналъ нухмалъи гьабуна гьеб больницаялъе. Цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб гьеб хӏалтӏи роцӏинабулаго, гӏемер захӏмалъабиги къулчӏизе ккана гӏолохъанай бетӏерай тохтуралъ.\n1975 соналда ячӏана Махӏачхъалаялде, Централияб больницаялда хӏалтӏизе. Цин хӏалтӏана гастроэнтерологлъун.\n1984-2011 соназда хӏалтӏул кӏудияб хӏалбихьи щварай Зайнаб Гӏалиева хӏалтӏана гьебго больницаялда поликлиникаялъул рахъалъ бетӏерав тохтурасул заместительлъун.\nГьенибги тохтуралъ жийго йихьизаюна махщелчилъи тӏадегӏанаб даражаялда бугей хӏалтӏухъанлъун.\nГьелъ жигараб гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналда амбулаториябгун поликлиникияб хъулухъ гӏуцӏиялъулъ. Гьеб заманалда Дагъистаналде рачӏине лъугьана Чачаналдаса, Ингушетиялдаса ва Северияб Кавказалъул цогидалги регионаздаса унтарал.\n— Дун щвечӏеб районги шагьарги Дагъистаналда хутӏунго батиларо. Гьеб дица кӏудияб талихӏлъунги рикӏкӏунаан. Гӏадамазе кумек гьабизе щвейги, гьезухъе гӏумруялде рокьиги хьулги тӏад буссинабиги, гӏагараб халкъалъул сахлъи цӏуниялъул хъаравуллъуда чӏезе рес щвейги – гьеб букӏана дица хъахӏаб халгӏаталъе кьураб гьа. Ракӏалда гьечӏо цониги нухалда дун гьелъие хилиплъараб хӏужаги. Хӏалтӏи бокьулеб бугони, дуда захӏмалъабигицин рихьуларо. Ракӏалда буго 1994 сон. Дагъистаналда нахъеги багъарана вабаъ (холера) унти. Гьеб букӏана унтаразе хехго кумек къваригӏараб заман. Сордо-къо гурого, хӏалтӏулел рукӏана тохтурзаби. Амма унти нахъчӏвазе бажарана, тохтурзабазул жигарчилъиялдалъун. Дида доб заман ракӏалде щвана, жакъа бугеб ахӏвал- хӏал бихьидал. Коронавирусгӏан захӏматаб гьечӏониги, вабаалъги чанги гӏумру ана бакӏарун. Амма доб заманалде дандеккун, жакъасеб медицинаялъулъ гӏемерал хиса-басиялги ккана, цебетӏунги бачӏана. Щаялиго хадур гъезе толел гьечӏо нилъ гьаб унтуца. Дунялалда ругелщинал лъикӏал тохтурзаби тӏаделъаниги, къеларин чӏун бугеб унтуца гъурулеб бугеб халкъ бихьидал, беразда магӏуги бакъвалеб гьечӏо, — янги абун, къварилъахъдизе лъугьана Зайнаб.\nТохтурлъиялъул аслиял хӏалтӏабазде тӏадеги, Зайнабил рукӏана цогидал ишалги.\nМасала, гьей кколаан Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ республикаялда тӏобитӏулеб «Лъагӏалил бищунго лъикӏав тохтур» конкурсалъулаб комиссиялъулги, «Российское общество по организации здравоохранения общественному здоровью» гӏуцӏиялъулги членлъунги.\nЗайнабил библиотекаялда бугеб бицатаб цо тӏехьги кодобе босана дица. Ургъунго босараб гӏадин, гьеб батана «Кавказалъул машгьурал» абураб тӏехь. Гьенир хъван ругоан миллияб тарихалда лъалкӏал тарал руччабазул хӏакъалъулъ макъалаби. Бегана тӏехь — гьенисан дие цоги нухалда гьимана Зайнаб — берцинаб гьурмада намусалъул накъишал угьарал багӏарал гӏанабиги, гьезда чӏвараб мугьру гӏадал, гвангъарал, талихӏалъул цӏурал зодилкьерал бералги ва гьале доб гьимиги, кидаго – сонги, жакъаги, метерги — Зайнабида цадахъ гӏумруялъго бугеб, гьелъул къисматалъул сухъмахъалги къалъизарулаго.\nГӏумруялъул тӏохьодаса тӏанчал\nЗайнаб Агъларовна Гӏалиева – тӏадегӏанаб категориялъул тохтур. Гьей мустахӏикълъана «За доблестный труд» медалалъе (1970 сон). Гьей ккола «ДРялъул мустахӏикъай тохтур» (1998 сон), «Сахлъи цӏуниялъул отличник» абураб каранда балеб гӏаламатги щвана 1975 соналда.\nЗайнаб Гӏалиевалъул ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялде гьабураб сапаралъул пикрабазда йиго дун. Гӏемераб жого къваригӏунеб гьечӏо чӏужугӏаданалъе, талихӏайлъун йикӏине ккани, хасго мугӏрузда йижаралъе. Диргун къо-мех лъикӏ гьабулелъулги, гьелъул гьимиялъ цоги нухалда ячӏайилан гьарулеб букӏана. Гӏумру гӏадамазе кумек гьабулаго арай, жинцаго жиндиего къачӏараб берцинаб херлъиялъул гъанситохъ гӏодойги чӏун йигей Зайнаб зама-заманалдасан щола жиндирго ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялде. Гьениб буго жакъа гьелъул талихӏги…"}
{"slug": "10405-putinie-sual-keze-res-shchvechionigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10405-putinie-sual-keze-res-shchvechionigi", "title": "Путиние суал кьезе рес щвечӏониги…", "date": "2020-12-29 06:48:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17 декабралда тӏобитӏараб Россиялъул президент Владимир Путинил пресс—конференциялда гӏахьаллъизе ун рукӏана Дагъистаналдаса журналисталги. Гьел ккола «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановги, «Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовги, «Народы Дагестана» журналалъул бетӏерай редактор Шугӏайнат Мухӏамадоваги, «Дагестанская правда» газеталъул журналистка Динара Токъболатоваги, «Мирмол» сайталъул журналистка Диляра Давудоваги.\nПандемиялъул заман букӏиналъ исана пресс—конференция тӏобитӏана видео—бухьеналдалъун.\nВладимир Путин цеве вахъана Ново—Огарёвоялда бугеб жиндирго резиденциялдаса. Федералиялги къватӏисел пачалихъаздасаги журналистал ракӏарун рукӏана Москваялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб дармил централде. Регионалиял журналистал рукӏана цогидал шагьаразда. Масала, СКФОялда гьединаб шагьарлъун тӏаса бищун букӏана Ставрополь.\nВладимир Путиница санайилго гьединал пресс—конференциял кьола 2001 соналдаса нахъе.\nИсанасеб пресс—конференциялда цебе гӏадамаз гьесухъе суалал ритӏизе байбихьун букӏана 6 декабралдаса нахъего, гьединго интернеталдасанги.\nГӏумахан ГӏУМАХАНОВ («Хӏакъикъат»):\n— Пресс-конференциялъул заманалда дихъ кодор ккун рукӏана «Ботлих» ва «Слава врачам» абун хъварал игӏланал.\nЗалалъур рукӏарал телевидениялъул Тӏоцебесеб каналалъул журналистаз гьикъана гьезул магӏна щибилан. Дица жаваб кьуна диего рахӏат толареб кӏиго суалалде президентасул кӏвар буссинабизе ургъараб жо бугин. Масала, «Ботлих» абураб хъвай-хъвагӏай. Владимир Путин Болъихъе чанцӏулго щвана, гьединлъидал гьев нижее гьобол гӏадав чи вугин бичӏчӏизабуна дица залалда вукӏарав рехсараб каналалъул мухбир Павел Красновасда.\nБукӏаниги, дидеги, нилъер гьаниса цогидал журналистаздеги суалал кьезе ирга щвечӏо.\n«Слава врачам» абураб игӏланалъул магӏна кколаан «Журавли» комплексалъул бетӏергьан, Шангъодаса МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас тохтурзабазе исана тӏобитӏараб акция, пачалихъалъ кумекги гьабун, улкаялда киса-кибго тӏобитӏизе бегьуларищан суал лъей. Ковидалда данде рагъ барал улкаялдасаго тохтурзабазул 523 чи чӏового сахлъизавизеги, кӏи- кӏи анкьица хӏухьбахъизеги тана гьес комплексалда. Гьеб киналдего тӏадеги жиндирго гӏарцул лъебералда хадуб миллион гъурущ харж гьабун буго Мухӏамадица. 45 соналъ тохтурлъун хӏалтӏарай жиндирго эбелалъ гьарун тӏобитӏараб акция бугин Мухӏамадица гьебилан «Хӏакъикъаталдаги» хъван букӏана гьелъул хӏакъалъулъ.\nКӏиабилеб суал букӏана ополченцазда хурхараб. Гьез жидецаго гьарун букӏана дида гьеб суал кьеян. Масала, ополченцазул статус чӏезабуниги, хасаб сияхӏалда гъорлъе гӏицӏго шапакъатал кьурал чагӏи гурони ккун гьечӏин руго гьел.\nШугӏайнат МУХӏАМАДОВА («Народы Дагестана»):\n— Дун цееги чанцӏулго гӏахьаллъана Москваялда тӏоритӏарал гьединал пресс-конференциязда. Президентасда жалго рихьиялъе гӏоло ургъуларел жалги рукӏунаро цо-цо журналистаз – кополал игӏланал цере ккун яги ахӏдон. Амма гьаб нухалда гьединаб хъуй букӏинчӏо, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏалалда ана. Хасго СКФОялъул журналистал ракӏарараб залалда рукӏинчӏо гьединал игӏланал.\nСуалал кьезе цереккунго хӏадурарал журналистал рукӏунин абураб пикруги мекъаб буго. Президентасе суал кьезе щвей буго икъбалалда бараб жо. Тӏадежоялъе, онлайн-режималдалъун гара-чӏварулеб мехалда президентасда рагӏизе къваригӏараб суал кьолев хасав чи кив гӏодов чӏун вугевали бихьизеги захӏмалъиларищ.\nДие бокьун букӏана Каспий ралъдалъ холел ругел тюленазул суал борхизе (гьанжегӏагар ракъдаде рехун батана лъабнусгогӏанасеб тюлень, гьелъие гӏиллаги лъалеб гьечӏо – ред.).\nГьел рухӏчӏаголъаби хунгутӏиялъе сабаб ургъеян гьаризе бокьун букӏана президентасда. Масала, Каспий ралъдалъе чваххулел хутӏелал рацӏцӏад гьаризе хасал алатал лъезе рукӏиналъул бицен буго цебегоялдаса.\nГурони, тӏадеялдаса тӏаде зарал кколеб буго ралъдаеги. Гьал къоязда киса-кибго бицунеб буго гьадингоги дагьлъулел рукӏиналъ Россиялъул Багӏараб Тӏехьалде росарал тюленазде сундасан бачӏарабали лъачӏого, балагь рещтӏун бугилан.\nМухӏамад МУХӏАМАДОВ («Дагъистан» РИА):\n— Гьаб пресс-конференция ракӏалда чӏана Владимир Путиница Алексей Навальныясда сверухъ улкаялда бугеб ахӏвал-хӏалалдехун, бакътӏерхьул улкабаздехун загьир гьабураб бербалагьи. Бицана нилъер улкаялъул жанисеб политикаялде сунде кӏвар кьезе бугебалиги, асар гьабуна пачалихъалъул кумек хӏисабалда лъималазе тӏадеги щуазарго гъурущ кьезе президентас гьабураб хӏукмуялъги.\nРес щварабани, дица президентасда гьарилаан магъалабаздаса предпринимателал дагьаб мехалъ эркен гьаризе бегьуларищин. Щайин абуни, пандемиялъул заманалда нилъер республикаялдаса гурелги, тӏолабго Россиялдасаго предпринимателал руго хайирги щоларого, кутакаб захӏмалъиялда.\nДинара ТОКЪБОЛАТОВА («Дагестанская правда»):\n— Дие кутакалда бокьун букӏана президентасе гьекъолеб лъел рахъалъ Каспийскиялда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасан суал кьезе.\nХалат рахъун рарал цӏадаз хъублъизабуна КОРалдаса «Рыбье» хӏорихъе чваххулеб лъим. Гьеб ккола Каспийск гуребги, Избербаш шагьарги гьекъолеб лъедалъун хьезабулеб аслияб хӏор. Лъим бацӏцӏад гьабулеб къайи-цӏа гьениб лъун букӏана 1970-абилел соназдаго. Гьелдаса нахъе басралъарал гьел я къачӏачӏого яги хисичӏого тун руго.\nГьединлъидал Каспийскиялда гӏадамазе гьекъолеб лъим бихьизарурал сагӏтал рикӏкӏун кьола. Гьанже абуни халкъалъухъе гьеб МЧСалъ баччун щолеб буго.\nПалхӏасил, шагьаралда гьеб масъала тӏубазе ккани, тӏубан киналго рогӏрал хисизе ккола, гьединго рагӏалде бахъинабизе ккола Махӏачхъалаялдаса Каспийскиялде ва Избербашалде бачунеб лъел мухъ. «Юг России» абураб федералияб программаялда рекъон, 2008 соналдаго байбихьараб гьеб хӏалтӏи, гьелъие биччараб гӏарац 2013 соналда гьоркьобги къотӏизабун, чӏезе тун букӏана. Гьеб заманалдехун анкьго километралъул манзилалда гьабун букӏана гьениб хӏалтӏи.\nГьединлъидал гьеб программаялъе цӏидасан гӏарацги биччан, лъел иш рагӏалде бахъинабиялъе квербакъеян гьаризе бокьун букӏана президентасда.\nДиляра ДАВУДОВА («Мирмол»):\n— Нижеца хӏаракат бахъулеб букӏана залалда вугев ведущиясул нижедехунго кӏвар буссинабизе. Букӏаниги, рес рекъечӏоха суал кьезе. Гьеб рахъалъ битӏ ккечӏониги, СКФОялдаса рачӏарал киналго журналистазда гъорлъ рукӏиналъ, лъикӏаб асарги гьабуна. Регионал батӏи-батӏиял ругониги, нилъ цо улкаялъул гӏадамал рукӏиналъул асар ккола гьеб.\nПутиние кьезе бокьун букӏана гӏолохъанал хъизамазе жанир чӏезе рукъзал росиялъул суал. Кумек хӏисабалда пачалихъалъ кьолеб гӏарац дагьабги цӏикӏкӏинабизе бегьуларищин гьаризе бокьун букӏана гьесда.\nДихъе щварал баяназда рекъон, тӏадеялъул гьеб мурадалъе гӏоло бюджеталдаса ичӏго млн гъурущ гурони биччан гьечӏо. Гӏолохъанал хъизамазул къадар абуни тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго. Масала, гьеб гӏарац щвезе иргаялда чӏараб хъизан Дагъистаналда цӏакъго гӏемерлъун."}
{"slug": "10406-giadamaze-giorkh-i-chivana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10406-giadamaze-giorkh-i-chivana", "title": "Гӏадамазе гӏорхъи чӏвана", "date": "2020-12-29 07:01:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул Роспотребнадзоралъ лъазабуна хварав чи вукъулеб мехалъ гӏемерал гӏадамал хабаде хьвадугеян.\nГӏорхъичӏваял лъазариялъе аслияб гӏилла ккола республикаялда ковидалъ унтулел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин. Гьединлъидал ДРялъул аслияв санитарияв тохтур Николай Павловасда лъикӏаблъун бихьулеб буго ахӏвал-хӏал гӏодоцинегӏан хабалазде гӏадамал хьвадичӏого чӏей.\nГьел гьукъа-къаял хъатӏизе гьечӏо чи вукъулеб бакӏалда чара гьечӏого гӏахьаллъизе кколел гӏадамазда ва хварасул цересел гӏага-божаразда.\nХас гьабун мажгитазде ва хабалазде гьарулел зияратал щай гьукъулелин гӏайиб-гъвел гьабулел чагӏиги камуларелъул, мисалалъе, жамгӏияб транспорталда щай рекӏине бегьулелин абулеб буго гӏадамаз.\nГьелда бан «Махӏачхъалаялъул гӏолилал» жамгӏияб багъа-багъачариялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаракатчи Къородаса Шамил Хӏасанхӏусеновас гьадин бицана:\n— Тохтурзабазги, Роспотребнадзоралъги абураб гӏадахъ босичӏого чӏей гӏакълу гуро. Г ь е д и н л ъ и д а л нижецаги (гӏолилазул жамгӏиял гӏуцӏабаз) киса—кибго абула цӏодорлъи гьабейин, гӏемер гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏани, лъикӏаб бугилан.\nАмма цо—цо гӏолилаз, гьединго чӏахӏиял чагӏазги абулеб рагӏула дида гьеб унтудаса жив хӏинкъуларилан. Гьединаздаги абизе бокьун буго, дурго ургъел батичӏони, дудаго аскӏор ругел гӏага—божаралниги щвайин гьединаб мехалъ ракӏалде.\n— Мисалалъе, гьеб унтиялъ каву рагьичӏеб цониги росу, хъизан батиларо. Гьебги бихьун, гьанже кӏиабилеб карачел байбихьидал, цӏодорлъи гьабулел чагӏи цӏикӏкӏунел руго. Гьеб гуребги, унтул тӏоцебесеб карачел тӏибитӏулеб заманалда гӏадамазда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб ва бичӏчӏулеб жо дагьаб букӏиналъги хӏалуцинабун букӏана иш. Гьанже республикаялъул тӏалъиялъги, Динияб идараялъги, гьединго информациялъулал алатазги кьолеб баян гӏемерлъидал иш лъалаго лъикӏаб рахъалде хисана. Гьелъ лъикӏаб хӏасил кьунищин гьикъани, узухъда, кьуна. Дида сверухъ гьедин бугоха, ракӏалде ккола цогидал бакӏаздаги гьедин батилин.\nХабалаздего гӏадин, мажгитазде хьвадиги дагь гьабейин лъазабун букӏана Роспотребнадзоралъ. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, гӏадамазде хитӏаб гьабуна республикаялъул Динияб идараялъги."}
{"slug": "10407-g-izilyurtal-ul-yasal-khiak-ik-atalda-goboll-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10407-g-izilyurtal-ul-yasal-khiak-ik-atalda-goboll-ukh", "title": "Гъизилюрталъул ясал «Хӏакъикъаталда» гьоболлъухъ", "date": "2020-12-29 07:10:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "22 декабралда «Хӏакъикъаталде» рачӏун рукӏана Гъизилюрталъул №9 школалъул байбихьул классалъул цӏалдохъаби. Редакциялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай—хъвайги гьабизе, газета хӏадур гьабулеб куцги бихьизе, мухбирзабазе цо—цо суалалги кьезе рачӏун ругин жалин бицана гьезул мугӏалим Сарат Мухӏумаевалъ.\nДагьаб цебе нижеца хӏалтӏизе биччанин «Гьитӏинал мухбирзаби» абураб кружокилан бицана Саратица. Гьединлъидал жидеда ракӏалде кканила кружокалъул гӏахьалчагӏиги рачун тӏоцебесеб сапар магӏарулазул миллияб басмаялъул редакциялде гьабизе.\nАнлъго яс йикӏана гьелда цадахъ. Расулова Хадижат (5-б класс), Бадрудинова Умакусум (4-а класс), Мухӏамадшапиева Хадижат (4-а класс), Маликова Шариза (4-а класс), Гӏабдуразакъова Аминат, Гӏалихӏажиева Мадина (4-б класс).\nЧӏурканго ретӏа-къан, намусго гӏодореги къулун гӏенеккун рукӏана гьел редакциялъул хӏалтӏухъабаз жидерго хӏакъалъулъ бицунеб куцалъухъ.\nЖавабияв секретарь Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏовас, жиндиего хасиятаб махсара-хочӏги гьоркьоб речӏчӏизабун, бицана жиндирго хъулухъалъул хӏакъалъулъ. Ракӏалде щвезабуна мунагьал чураяв инсуда цадахъ тӏоцеве «Багӏараб Байрахъалъул» редациялде щвараб къо. Киназего кеп щвана Гӏабдулмажид Хачаловасулгун лъай-хъвай ккараб куцалъул хӏакъалъулъ гьес бицараб мехалъ.\n— Редакциялъул жанахӏалъув чанго чи вугоан хъарпуз кваналев. Гьезда гьоркьов вукӏарав цояс: «Гьай, хӏалчӏахъад, мунгийищ нижехъе щвезе вилълъарав», — иланги абун, гьес квер босана дир. Гьев вукӏана газеталъул жавабияв секретарьлъун хӏалтӏулев Гӏабдулмажид Хачалов. Хадуб гьеб сапаралъул хӏакъалъулъ сочинениеги хъван букӏана, — ян бицана гьес.\nБетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановасги разиго къабул гьаруна редакциялъул гьитӏинал гьалбал. Щиб лъалеб, гьезда гьоркьов газеталъул вукӏинесев редакторги ватизе бегьулин абуна гьес.\nХадуб редакциялъул хӏалтӏухъаби Шамай Хъазанбиевалъ, Зульфия Хӏажиевалъ, Патӏимат Гьитӏиновалъ гӏисинал гӏолилазе бицана жалго редакциялде хӏалтӏизе рачӏараб куцалъул хӏакъалъулъ. Ракӏалде щвезабуна школалда цӏалулеб мехалъго «Хӏакъикъаталде» хъвадарараб куц.\nЦӏалдохъабаз рикӏкӏана кучӏдул. Бицана жидерго умумузул росу-ракьалъул хӏакъалъулъ. Махражалда цӏалана «Къулгьу».\nРукӏана гьезул жидерго суалалги. Мисалалъе, гьезие лъазе бокьун бугоан, гьадинаб бигьаяб гуреб заманалда, цӏакъаб, тӏокӏаб хӏалтӏи балагьизе лъугьинчӏого, магӏарул газеталда хӏалтӏизе рачӏине сунца ниж гьесизаруралали лъазе. Гьединго гьабураб хӏалтӏуда рекъон, ракӏ разияб мухь щоладайин мухбирзабазеянги букӏана гьез гьикъулеб.\nРедакциялда хӏалтӏаралъухъ, цогидал бахилаб мухь жакъа мухбирасе щолареблъи кин гьел гӏисинал ясазда бичӏчӏизабилебали лъаларого дагьал ургъалилъе ккана нижги. Бугониги, махсара-хочӏги гьабун, батӏаго хӏукуматалъ цӏакъго къваридги гьаруларин ниж харжалъул рахъалъилан жавабги кьуна гьезие.\nДанделъиялъул ахиралда, редакциялъул рахъалдасан, цӏалдохъабазе ва гьезул мугӏалим Сарат Мухӏумаевалъе Баркалаялъул кагъталги кьуна."}
{"slug": "10408-bagabaz-khianchiuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10408-bagabaz-khianchiuleb-bugo", "title": "Багьабаз «хӏанчӏулеб» буго", "date": "2020-12-29 07:31:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "22 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс—конференциялда бицана кванил нигӏматазул багьаби республикаялда хиралъулел рукӏиналъе гӏиллаялъул хӏакъалъулъ.\nДагьал церегӏан къоязда букӏараб пресс-конференциялда президент Владимир Путиницаги кӏвар кьун букӏана гьеб суалалде.\nЖурналисталгун дандчӏвазе рачӏун рукӏана республикаялъул Дармил министерствоялъул даран-базаралъул рахъалъ управлениялъул нухмалъулев Элдар Гӏалиевги, «Эхнатон», «Зеленое Яблоко» ва «Европейский» абурал дармил рукъзабазул вакилзабиги.\nЭ. Гӏалиевас бицана жидеца гьоркьоса къотӏичӏого багьабазул мониторинг тӏобитӏулин. Исана январалдаса декабралде щвезегӏан батӏи-батӏиял кванил нигӏматазул багьаби цӏикӏкӏун ругинги абуна гьес. Мисалалъе, цӏакъ хиралъун буго чакар, семечкадул нах, ханал ва гречка.\n— Жакъа гьанир ругел дармил рукъзабазул вакилзабигун ниж цереги дандчӏван рукӏана. Доб мехалда гьарурал къотӏи-къаязул хӏасиллъун ккана, гьабсагӏат ругел багьаби хиралъизе риччачӏого чӏезари. Мисалалъе, семечкадул нахул шишаялъул тукада бугеб багьа 110 гъурущ букӏине ккола, — ян абуна Элдар Гӏалиевас.\nБагьабазда хурхун бугеб ахӏвал- хӏал хисизабизелъун республикаялъул Промышленносталъул министерствоялъ зама-заманалдасан ярмаркабиги тӏоритӏула. Мисалалъе, гьал къоязда тӏобитӏизе буго гьединабго ярмарка. Гьенир багьаби тукабазда ругелдаса 15-40 проценталъ учузго рукӏинеги руго.\nЖурналистаз гьикъана президентасда гьеб суал борхун букӏинчӏебани хадубккунги цӏикӏкӏине рукӏанищин багьаби ва нужер идараялъухъа бажарулищин гьел лъалхъизаризейилан.\nПрезидентас багьабазул суал борхи кколин федералияб даражаялда нижее гьабулеб кумекин бичӏчӏизабизе лъугьана Э. Гӏалиев. Щайгурелъул гьелдаса хадуб чакаралъул ва семечкадул нахул багьаби тӏокӏал тӏаде цӏикӏкӏинчӏин.\n— Дие абизе бокьун буго цохӏо гьелда чӏечӏого, жеги цо-цо цогидалги кванил нигӏматазул багьабиги кӏвана нижеда гьебго къагӏидаялъ хиралъичӏого чӏезаризе, — ян абуна гьес.\nЭ. Гӏалиевасул калам ритӏухъ гьабун кӏалъана рехсарал дармил рукъзабазул вакилзабиги. Гьез бицана халкъалъе чара гьечӏого хӏажалъулел цо-цо кванил нигӏматал, жидер тукабазде рачӏун хадур, гъурущ тӏаде жубачӏого ричулел ругин."}
{"slug": "10409-zhamagiatchi-zhamgiiyatal-ul-urg-alida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10409-zhamagiatchi-zhamgiiyatal-ul-urg-alida", "title": "Жамагӏатчи – жамгӏияталъул ургъалида", "date": "2020-12-29 07:38:59", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи Алюсет Гӏазизхановасул «На службе обществу» абураб тӏехьалъул презентация.\nГьеб къватӏибе биччана «Набат» гӏуцӏун 20 сон тӏубаялда хурхун. Рагъ ккаралъуса лъутарал гӏадамазул ихтиярал цӏунулеб гӏуцӏи ккола гьеб. Хасго доб заманалда кутакалда кӏвар букӏана гьелъул. Тӏокӏалъ чӏечӏого Чачаналда букӏараб рагъдасаги, улкаялъул цебесеб гӏуцӏи биххун хадуб, батӏи—батӏиял республикабаздасаги лъутун рачӏунел рукӏана Дагъистаналде гӏадамал. Гьединго нилъер гьанибги цӏакъ хӏинкъараб заман букӏана, ай чӏвай—хъвей гӏемераб.\nГьединаб къварилъиялда ругел чагӏазе консультациялъулги, заманаялъ жанир чӏезе бакӏазулги, квен-тӏехалъулгун сах гьариялъулги рахъалъ кумек гьабизе хӏаракат бахъулаан «Набаталъ».\nГьединлъидал доб мехалда А. Гӏазизхановас къимат борхизабун букӏана жамгӏияб хӏалтӏул. 2000-абилел соназул байбихьуда Россиялдаса вакил хӏисабалда гьев витӏун вукӏана Страсбургалде (Европаялъул Советалъул данделъиялде), РФялъулги СШАялъулги жамгӏиял институтазул церехъабазул саммиталде Москваялде ва жеги гӏемерал тадбиразде.\nГӏазизхановасул кумекалдалъун доб мехалда республикаялда гӏемер тӏоритӏана инсанасул ихтиярал цӏуниялда хурхарал семинарал, форумал.\n«Набат» гӏуцӏиялъе сабаблъун ккана 2000-абилел соназда Дагъистаналде жамгӏияй хӏаракатчӏужу ва журналист Лидия Графова ячӏин. Гьелда цадахъ Алюсет щвана рагъ ккаралъуса лъутарал чагӏазухъе Хасавюрталде, Дербенталде. Доб мехалда гьев хӏалтӏулев вукӏана Дагъистаналъул радиоялда. Гӏазизхановасул гӏамал-хасиятги, гӏумруялдехун бугеб бичӏчӏиги лъайдал, Графовалъ гьесда абула мигрантазул суалал тӏуразе жамгӏияб гӏуцӏи хӏажат бугин. Гьедин цо чанго соналъеян гӏуцӏараб «Набат» жеги хӏалтӏулеб буго.\nГрафова къадаралде щвана исана 23 ноябралда. Гьейги ракӏалде щвезаюна презентациялда.\nДида гьей тӏоцее 2006 соналда Владикавказалда йихьана. Мигрантазул суалал гьоркьор лъураб семинар букӏана гьениб. Нижеца бицине кколаан мигрантазда, жамгӏиял гӏуцӏабазда сверухъ жиде-жидер республикабазда гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nДица бицана, нижер добе азаргониги жамгӏияб гӏуцӏиги бугин, амма гьезул нухмалъулезул гӏемерисезда жидедаго тӏадал ишалги лъаларин абун.\nГьеб мехалда Лидия Графовалъ абуна киназегоги гӏун Алюсет Гӏазизханов вугин Дагъистаналда мигрантазул суалал тӏуралевилан.\nГьеле гьебщинаб заманалда жаниб мигрантазда сверухъ жинцаго гьабураб хӏалтӏул бицунел макъалаби руго Миллияб библиотекаялда презентация гьабураб тӏехьалда лъун. Гьезул цо-цоязда релълъарал материалал доб мехалда «Хӏакъикъат» газеталдаги рукӏана рахъун. Гьел макъалабаздасан бихьула 2000-абилел соназда нилъер гьанибги, Чачан республикаялдаги, хӏатта цогидал регионаздаги букӏараб политикияб ахӏвал-хӏал, мигрантазул масъалабаздехун букӏараб бербалагьи.\nЖамгӏияб хӏалтӏулъ жиндие журналистаздасанги кумек щванин абула Алюсетица. Живго журналист вукӏиналъги батила, гьес абула жинца гьел рикьуларила пачалихъиязде ва лъидаго рачӏел журналистазде. Жиндие аслияб жо бугила гьездаса халкъалъе пайда букӏин.\n«Набаталъ» лъикӏаб хӏасил кьеялъги батила, республикаялда Жамгӏияб палата гӏуцӏаралдаса нахъе гьанжелъизегӏанги Алюсет Гӏазизханов гьениса вагъаричӏо. Гӏезегӏан мехалъ гьеб палатаялъул аппараталъул нухмалъулевлъунги палатаялъул председателасул заместительлъунги хӏалтӏана гьев.\nГьедин байбихьуда Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулевлъун вукӏарав Абулмуслим Муртазагӏалиевас презентациялда ракӏалде щвезабуна палатаялъул тӏоцересел вакилзаби гӏакъилал, цебетӏураб пикруялъул гӏадамал рукӏанилан. Масала, республикаялъул тӏалъиялъеги гӏезегӏан малъа-хъваял гьарулаанин гьез. Амма «рекомендуем» абун республикаялъул тӏалъиялде жидеца ритӏулел рукӏарал кагътазул тӏарада Жамгӏияб палатаялъ гьабураб хъвай- хъвагӏай хъулухъчагӏазда цо-цо мехалда мекъиги бичӏчӏулеб букӏанилан бицана Муртазагӏалиевас.\nДагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасгицин махсара гьабун букӏанила кватӏичӏого жиндеги ирга щвелила гьезул рекомендациязул. Щунги буго.\nИнсанасул ихтияразул ва гражданияб жамгӏияталъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул нухмалъулев ва «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовасги абуна цӏубараб пикруялъул жамгӏиял хӏаракатчагӏи гьоркьоре лъугьиналъ республикаялда цо-цо ишал битӏараб нухде кканин. Гьединал чагӏазул цоявлъунги жинда Алюсет Гӏазизханов вихьулин.\nА. Гӏазизханов ккола лезги миллаталъул чи. Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула магӏарул газеталдасан лезгиясул бицунеб бугинги. Амма гьесулгун лъай-хъвай бугеб къого соналда жаниб цо нухалдацин дида гьесулъ миллатчилъи халлъичӏо. Кутакалда гӏадатаб гӏамал-хасияталъул, гъваридаб лъаялъул, сверухъ ругездехун недегьаб бербалагьиялъул чи вуго Алюсет. Гьединлъидал тӏехьалъул презентацияги гьесда жиндаго релълъун ана — гӏадатго, рихьдае жал гьаричӏого, щивас Алюсетилгун бугеб лъай-хъваялъул ва ккара-таралъул хӏакъалъулъ ракӏ тӏаде цӏалел харбалги рицунаго."}
{"slug": "10410-tokhtural-ul-rekiel-akhii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10410-tokhtural-ul-rekiel-akhii", "title": "Тохтуралъул рекӏел ахӏи", "date": "2020-12-29 07:58:52", "categories": ["med"], "text": "Республикаялъул онкологияб центр. Гьелъул азбаралда чӏезе ккаразда бичӏчӏулеб батила гьел лахӏзатаз унтул согӏлъиги къисматалъул къварилъиги. Гьеб мехалда батӏиял бераздалъун ралагьулел ратула гьел гӏумруялъул берцинлъиялъухъ. Гьелде щвезегӏан бихьичӏеб гьеб берцинлъиялдаса гӏорцӏулелги ратиларо гьел. Гьелдасаги хӏалуцарал рукӏунел ратила УЗИ—аппараталда лъезе иргаялда чӏарал минутал. Гьелъ бицаралда, бихьизабуралда бараб букӏунелъулха унтарасул хадусеб къисматги. Гьединлъидал гьеб аппараталда хӏалтӏулезул букӏине кколеб батила, цогидазул гьечӏеб гӏадаб, сабруги, недегьаб мацӏги, унтаразул жидедаго ракӏчӏолеб гӏадаб хӏеренаб балагьиги.\nГьеле гьединайлъун ятана дида гьеб централъул УЗИ-аппараталда хӏалтӏулей йигей Патӏимат Гӏисаева. Дица гьелъул кабинеталъубе нуцӏа рагьарабго, дандего бачӏана сверухълъиго къалъизабулеб гӏадаб тохтуралъул гьими. Гьабуна лъай-хъвай. Гара-чӏварана.\nВа, тӏоцебесеб иргаялда, дие бокьана гьей магӏарулалъул нужееги бицине, хӏурматиял цӏалдолел.\nПатӏимат ккола Шамил районалдаса. Гьаюна ва гӏуна Махӏачхъалаялда. Шагьаралъул №8 лицейги меседил медалалда лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, медицинаялъул академиялде. Лъугӏизабуна республикаялъулаб клиникияб больницаялда (централияб больница) цебе бугеб интернатура.\n2008 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго централъул диагностикияб хъулухъалъул заведующаялъун. Гьединго Патӏимат ккола тӏадегӏанаб категориялъул тохтурги. Гьей гӏемер гӏахьаллъана Халкъазда гьоркьосел, Тӏолгороссиялъул съездазда, гӏелмиял конференциязда ва семинаразда.\nМасала, гьей гӏахьаллъана Австриялда тӏобитӏулеб онкологазул конгрессалда. Гьелъ жиндирго хӏалбихьиялъул хӏакъалъулъ бицана Пятигорскиялда тӏобитӏараб гӏелмияб конференциялда. Патӏиматица жиндирго лъай борхизабула улкаялъул кӏудиял онкологиял центразда:\nСанкт-Петербургалъул Петровасул цӏаралда бугеб центр. Москваялъул Блохинил, Герценил, Склифосовскиясул цӏаразда ругел онкоцентрал.\nПатӏимат Гӏисаева жийгоги ккола анлъго цӏияб технологиялъул авторги. Гьединго гьей гӏахьаллъула тохтурзабазда гьоркьор тӏоритӏулел батӏи-батӏиял конкурсазда.\nМасала, гьей ккола исана декабралъул авалалда Россиялъул онкологазул ассоциациялъ тӏобитӏараб конкурсалъул призерги.\nХъизанги, лъималги, цинги гьадинаб жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабизе кингӏаги дур заман гӏолебилан гьикъидал, Патӏимат гӏедегӏичӏо жаваб кьезеги:\n— Гьеб кӏудияб балъголъи гуро ие цӏакъ бокьула дирго хӏалтӏи. Гьайгьай, лъала, бичӏчӏула гьелъул захӏмалъиги. Амма дида кӏола, дихъа бажарула унтаразул гӏумруялде бугеб рокьи тӏад буссинабизе, гьезул кумекалдалъунха. Гӏемерисел унтарал рачӏуна цӏакъго кватӏун. Гьеб заманалде унтуца щулияб бакӏ ккун букӏуна гьезул чорхолъ. Кумекилан ахӏулеб гьезул гьаракь рагӏулеб мехалда, ургьиб бугеб ракӏ букӏуна къватӏибе кӏанцӏун бачӏине хӏадурун. Гьеле гьеб мехалда захӏмалъула тохтурасе унтарав хвасар гьавизе. Гьел гьединал лахӏзатаз черх сородула диргоги – унтаразда бицине ккола гьезул унтул гӏилла. Унго—унгоги рекӏелъ букӏунеб бакӏлъи, гьезда онкологиялъулаб унти бугин гьезулин лъазабулеб мехалда. Хасго гьеб батула руччабазул курмузда, — ян бицана Патӏиматица.\nХӏакъикъаталдаги кватӏулел руго руччаби тохтурасухъе ине. Дагьго гурого щолел гьечӏо гьел маммологазухъеги, букӏунеб гьечӏо гьезул бухьен УЗИ-аппараталъулгунги.\nОнкоцентралъул тохтурзаби хӏадур руго руччабазе кумекалъе. Жалго бетӏергьанал клиникабазулалдаса багьаби учузал ругониги, «онкология» абураб рагӏиялъукьагӏаги хӏинкъулел ратила, ахиралда гурони, гьенире рачӏунел гьечӏо.\nТохтурасул хъизамалда гӏурай Патӏиматица ракӏунтун бицунеб букӏуна руччабазул гьеб унтул. Патӏиматил инсуца, ДРялъул мустахӏикъав тохтур Гӏабдулкъадир Гӏабдулаевас, кьучӏ лъуна республикаялда колопроктологиялъул отделениялъе.\nВац Шамилги ккола тохтур. Гьев хӏалтӏулев вуго Махӏачхъала шагьаралъул №1 больницаялда колопроктологиялъул (чехь-бакьалъул унтабазул) отделениялъул заведующийлъун.\nПатӏимат Гӏисаевалъул гьариялдалъун кьолеб буго гьелъ руччабазде жалгоги гӏумруги цӏунеян гьабулеб хитӏаб:\nХӏурматиял руччаби!\n— Къоялдаса къоялде цӏикӏкӏунеб буго курмузул рак унти. Ахирисеб анцӏго соналда жаниб гьелъ унтулел руго 19—30 соназул ригьалда ругел руччаби. Гьеб бараб буго промышленность цебетӏеялда бан чороклъулеб бугеб экологиялдаги. Щияй чӏужугӏаданалъул унтул букӏуна жиндирго хаслъи. Гьеб халатбахъине бегьула кӏигоялдаса анцӏила микьго соналде щвезегӏанги. Гьединлъидал чӏужугӏаданалда тӏадаб буго санайил тохтурасухъе ине ва УЗИ аппараталде лъезе. Цохӏо маммография гьабун тӏубаларо. Гьениб бихьичӏого хутӏараб бицуна УЗИялъ. Лъагӏалида жаниб цо—кӏиго нухалъгӏаги тохтурасухъе ине ккола, хасго гӏолохъанал руччаби — гьезул унти дагьаб хехаб букӏуна ва гьелъ хӏаракат бахъула «киса—кибего щвезе». Цудунго тӏатараб унти сах гьабизе бигьалъулеблъиги кӏочонге. Гӏемерисел руччаби рачӏунел руго, унтуца кьалбал риччазе байбихьараб мехалда. Гьеб мехалда захӏмалъула кумек гьабизе. Хӏасилги цӏакъго къваридаб ккезеги рес буго.\n— Щай кватӏарайилан, нижеца бадибчӏвай гьабидал, къварилъахъдилаго, жаваб кьола заман букӏинчӏила, хӏалтӏи гӏемер букӏанила, лъимал гӏисинал рукӏанилан абун. Щай нужер ботӏролъе пикру бачӏунареб, нуж гьечӏого хутӏани, лъималазул букӏинесебги цебечӏун. Кигӏан захӏматаб жо бугеб нужерго сахлъиялде кӏвар кьей. Унтуца зуризе байбихьидал, инегӏан чӏечӏого, а маммологасухъе. Кӏвахӏаллъуге. Масала, нужго гьарураб къоялде гьабе нужеего сайгъат. Гьелдаса кӏудияб сайгъат щибха букӏинеб – нужерго сахлъиялде кӏвар кьей.\nПатӏиматихъ ялагьидал, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана тохтурасул махщелалда. Унго-унгоги, гьеб бугеб кири кӏудияб хӏалтӏи. Къойил къабул гьаризе кколел унтарал, щивасе бицине кколеб хӏеренаб мацӏ. Цо-цо унтараздаги гьеб кинабго бичӏчӏулереб куцги цо-цо мехалда. Унтиялъ къварид гьарурал гьезие меседалъул бакӏалда чӏолел ратила Патӏиматил хӏеренал рагӏаби. Тӏадегӏанас гьелъие кьун бугеб берцинаб сабруги, гьелдаго хьолбохъ къалъун бугеб гьуинаб гьимиги…\nБАЯН:\nОнкологиял унтабазда гьоркьоб руччабазул курмузда рак унтуца кколеб буго тӏоцебесеб бакӏ. Санайил дунялалда гьеб унтуца унтулей йиго 1 250 000 чӏужугӏадан, Россиялда – 54 000 чӏужугӏадан. 40 ва тӏадехун санал ругел руччаби унтиялъул хӏужаби цӏикӏкӏунел руго. Ахирисеб къого соналда жаниб унтаразул къадар цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулеб гьечӏо.\nУнтул байбихьуда захӏмат букӏуна гьеб лъазе. Щайин абуни, кинал ругониги гӏаламатал тӏатунаро, загьирлъуларо. Унтул кӏиабилеб стадиялде загьирлъула гьелъул гӏаламатал:\nКерен унтизе лъугьуна;\nБакӏ—бакӏалдаса къвакӏула керен;\nКеремалъул форма хисула;\nКъвалакь бакӏал къвакӏула;\nКаранда жаниса чвахизе лъугьуна лъамалъи яги би.\nГьединлъидал 40—ялдаса тӏаде сонал ругел руччабазда тӏадаб буго кӏиго лъагӏалида жанибгӏаги цо нухалда маммография гьабизе. Гьелъ рес кьезе буго унти байбихьудаго тӏатинабизе. Маммография гьабиялъул кинабгӏаги зарал букӏунаро.\nКурмузул рак щвезе бегьула ирсалъеги. Гьединлъидал лъикӏаблъун бихьизабун буго, масала, 45 сон бараб мехалда, эбелалъул гьеб унти бугони, ясалъ жиндирго сахлъиялде кӏвар кьезе ккола – онкологияб идараялда учеталда лъезе ккола гьелъ жийго, 35 сон бараб мехалда."}
{"slug": "10411-giasrabazul-g-varil-i-giumruyal-ul-bechel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10411-giasrabazul-g-varil-i-giumruyal-ul-bechel-i", "title": "Гӏасрабазул гъварилъи, гӏумруялъул бечелъи", "date": "2020-12-29 09:51:49", "categories": ["rel"], "text": "Нилъерго тарих лъачӏони, жакъаселъе къимат кьезеги букӏинеселъул хӏисаб гьабизеги расги бигьаго букӏунаро. Кинха гьеб лъазе бугеб? Тарихчагӏазул, археологазул кумекалдалъун. Гьединазул цояв ккола тарихиял гӏелмабазул кандидат, РАНалъул ДФИЦалъул историялъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъан, «Дарс»» НПЦялъул генералияв директор, «МавраевЪ» басмаханаялъул нухмалъулев, Буйнакск районалъул Дурангъиса Рабадан Мухӏамадов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Рабадан, мун 40-гӏанасеб соналъ вуго археологиялда хурхараб хӏалтӏуда…\n— Некӏсиял гӏадамазул гӏумру, гьезул рукӏа-рахъин, магӏишатгун культура лъазе ккани, ракьги бухъун ралагьизе ккола алаталгун тӏагӏелал. Хасал шартӏал гьечӏони, цӏулал, ххамил, тӏомол алатал халатккун цӏунун хутӏуларо. Абадиялъго цӏунун хутӏула гамачӏ, щегӏ, ракьа, цӏер. Гӏемерал баяназгун хӏужабаз бицуна умумузул гӏумру тӏабигӏаталда хурхараб, гьелда рекъон унеб бу- кӏараблъиялъул. Дун вуго мазга- рул гӏасруялъул специалист. Гьеб заманалда Дагъистаналда букӏана Гӏагараб Бакъбаккул даражаялда бащалъулеб, цӏакъго цебетӏураб культура. Гьелдаса хадуб байбихьана нилъ кутакалда нахъе ккезе. Мисалалъе, пачалихълъи, хъвай-хъвагӏай нилъер гьаниб баккана кӏиазарго соналъ цебе (Гӏагараб Бакъбаккуда – щуазарго соналъ цебе). Гӏезегӏан рачине бегьула гьединал мисалал.\n— Тарихалъул щиб гъварилъуде гьанжелъизегӏан нужеда раккизе кӏварал?\n— Нижер институталъул гӏалимзаби бищун гъварилъуде раккизе кӏвараб болжал буго 2 млн соналъ цебе бугеб заман. Гьеб заманалда (ганчӏил гӏасру) гьал нилъер мугӏрул ругеб бакӏалда букӏана ралъдал гьумералдаса 400 метралъул борхалъуда бугеб цӏан битӏараб авлахъ. Гьенир рукӏана хинал улкабазда букӏунеб гӏурччинлъиги гьелда рекъараб рухӏчӏаголъиги. Гӏахъуша районалъул Усиша росдал Айникиб авалалда ругел мугӏрузда, гӏалимчи Хизри Гӏамирхановасул гӏелмияб къокъаялъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда загьирлъана гьеб заманалдаго инсанас гьениб гӏумру гьабулеб букӏараблъи. Инсанасул хутӏел батичӏо гьениб, амма ратана гьесул хӏалтӏул алатал. Инсанасул квер кӏутӏараб, гьелдаса некӏсияб бакӏ Россиялдаго гьечӏо. Нилъер гьанир ратизе бегьула гьединал бакӏал, амма гӏалимзаби жеги гьезде тӏаде ккечӏо.\n— Гӏемер бицуна «Гинчинская культураялъул» хӏакъалъулъ. Дур гӏелмияб хӏалтӏиги буго гьелда хурхараб. Гьелъул хӏакъалъулъ бицани бокьилаан.\n— Гӏелмияб, археологияб хӏалтӏи гьабулаго ратарал культурабазе цӏарал кьола аскӏор ругел росабазда, бакӏазда рекъон. Гӏинчӏи-кули буго Шамил районалъул Тӏидиб росдада аскӏоб. Гьенир ратана 5,5-6 азарго соналъ цебе инсанас гӏумру гьабулеб букӏараб бакӏалъул хутӏелал. Гьеб культураялъул гӏаммаб авалалде гьоркьоре унаан нилъер магӏарухълъи ва Чачан ракь.\n– Захӏматаб масъалалъун лъугьун буго, гӏелмияб хӏалтӏуе квалквалалги гьарун, тарихиял памятниказда хадур лъугьарал «чӏегӏерал археологаз» гьел пасат гьарулел, гьенир ратарал алатал- тӏагӏелал ричулел рукӏин. Гьеб рахъалъ щиб абилеб?\n— Журналистаз лъураб «чӏегӏерал археологал» абураб цӏар ккола гьезул къадру гьаби, гьезие лъикӏаб къимат кьей. Гьеб кутакалда мекъи буго. Хӏакъикъиял археологазулгун кинабгӏаги бухьенги гьезул гьечӏо. Гьел руго «тарихалъул нухазда ругел хъачагъал». Нилъер тарихалъул, гьеб цӏуниялъул ургъел бугел чагӏиги гьел гуро. Гьезул мурад буго цо – некӏсиял хобалги щущазарун, гьенир ратарал тӏагӏелал ричи. Нилъер умумул рукӏана цӏакъ мискинал гӏадамал, скифазул ялъуни сарматазул гӏадин месед ва цогидаб бечелъи букӏунароан гьезул. Гьезул рукӏунаан маххул, мазгарул, цо-цо гӏарцул, цӏакъго къанагӏат меседил тӏагӏелал, курхьен-баргъичал, ярагъ. Росу букӏараб бакӏалда ратуларо гьел, аслияб куцалда ратула хабалазда. Гьениса гьел рикъула, хъамула дол «хъачагъаз».\n— Халкъазда гьоркьосеб грантги щун, чанго соналъ хӏалтӏана мун СШАялда, Азербайжаналда…\n— Бостон шагьаралда аскӏоб бугеб Уэлсли колледжалда, профессор Филипп Колил нухмалъиялда гъоркь, хӏалтӏулеб букӏана археологиялъулаб къокъа. Тӏоцере гьел хӏалтӏана Эрмениялда, Гуржиялъ, хадуб гьеб хӏалтӏи байбихьана Дагъистаналдаги. 1994 соналда нижер цадахъаб хӏалтӏи букӏана Юждагъалда, Великенталда. Нижеца лъазабулаан Дагъистаналъеги Северияб Азер- байжаналъеги гӏаммаб, щуазарго соналъ цебе букӏараб «Великент- ская культура». Чачаналда рагъ байбихьидал, нилъер гьанире рачӏине долги хӏинкъун, ниж (дун, Хӏажиев Муртузагӏали, Азербайжаналъул гӏалимзаби ва колледжалдаса 7-8 студент) ана Азербайжаналде. Хадуб, Фулбрайтил фондалъул гранталда рекъон, ниж хӏалтӏана США- ялда, Уэлсли колледжалда. Доба нижер букӏинчӏо археологиялъулаб хӏалтӏи, гьарулаан Дагъистаналдаги Азербайжаналдаги гьабураб цадахъаб хӏалтӏул хӏасилал, хъвалаан гӏелмиял макъалаби.\n— Машгьурав гӏалимчи Рауф Мунчаевасул нухмалъиялда гъоркь Сириялде ун букӏараб экс- педициялда гьоркьовги вукӏана мун…\n— Доб мехалда дун вукӏана битӏахъе кӏийиде викьун – риидал хӏалтӏулаан америкаялъулалгун Дагъистаналда ва гьебго заманалда (хаслихъе) унаан Сириялдеги. Гӏиракъ-Иран-Сирия-Ливан- Гӏизраил-Турция-Иордания мухъалда («Полумесяц плодородия»), Евфрат-Тигр-Нил гӏоразда сверухъ рукӏана кутакалда церетӏурал, некӏсиял культураби. Гьезул цояб, Шумера абулеб культура букӏана нижеца лъазабулеб. Ниж рукӏана Сириялъулги, Гӏиракъалъулги, Турциялъулги гӏурхъи цолъулеб бакӏалда, Сириялъул Аль-Хасека провинциялда. Доба рагъ ккезегӏан гӏемерал экспедициял рачӏунаан, букӏана сон цо заманалда 68 экспедиция хӏалтӏулебги. Гьезул баянал лъазарун, суратал рахъун гурони цо алат-тӏагӏел босизе бегьулароан добаса, кинабго унаан музеязде. 11 соналъ тӏатӏалаго ана дун дове, руго хъварал макъалабиги, рахъарал тӏахьалги. 2010 соналда рагӏалде щун букӏана нижер хӏалтӏи, хадуб байбихьана рагъ, нижги тӏокӏалъ инчӏо доре. Террористазул къокъабаз бухӏана доба нижер букӏараб базаги, гьабуна гӏемераб цогидаб пасалъиги.\n— Рабадан, мун ккола «МавраевЪ» басмаханаялъул учредитель-директор. Нужеца къватӏире риччала тӏахьал. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола «Росабазул тарих» абураб сериялъ. Кинал ругел гьеб ишалъулъ дандчӏвалел масъалаби, бугищ тӏахьазул тӏалабго?\n— Тӏоцебе гьеб рагьидал, гьелда цӏар букӏана «ДИНЭМ» абун. Хадуб битӏараблъун бихьана «МавраевЪ» абун цӏар лъей. Мухӏамадмирза Мавраев ккола квералъ хъван гуреб, Дагъистаналда, Северияб Кавказалда тӏоцере тӏахьал басмаялда кьабурав чи. Гьаб буго гьитӏинаб басмахана. Нижер гьечӏо гӏарцулаб къуват, щоларо пачалихъалъул кумек, къанагӏат гурони бергьунаро тӏоритӏулел тендеразда, заказал ралагьизе ккола нижецаго. Цо рахъалдасан интернеталъги хвезабулеб буго тӏахьазул къимат, дагь гьабулеб буго гьел росулезул къадар. Цогидаб рахъалдасан балагьани, гӏемерисезул рес гьечӏо тӏахьал росизе. Байбихьуда ракӏалда букӏана гӏелмияб литература къватӏибе биччазе, художествияб къанагӏат гурони биччаларо. Кӏиабилеб рахъ буго, росабазул тарихалъул тӏахьал басмаялда рахъи. Гьанжелъизегӏан къватӏибе биччана 20 росдал тӏехь. Гьеб суалалъулъ буго гьадинаб масъала – гӏемерисел авторал тарихчагӏи, гьеб ишалъул хӏалбихьи бугел чагӏи гурелъул, гьезулгун гьабизе ккола гӏемераб хӏалтӏи. Лъикӏав журналист, филолог, редактор Дибиргӏали Хазамов гьанив хӏалтӏулев вукӏинчӏевани, бигьалъизе букӏинчӏо гьеб хӏалтӏиги. Буго кӏвар буссинабизе бокьараб цоги масъалаги. Кӏванагӏан хехго къваригӏун буго росабазул баянал къалмиде росизе, тӏахьал къватӏире риччазе. Гурони, тӏаде гӏолеб гӏелалъе бигьалъизе гьечӏо хӏакъикъияб, добе-гьанибе сверизабичӏеб тарих цӏунизе.\n— Цогидазул тӏахьал къватӏире риччай гуребги, дуцагоги хъвала кучӏдул, магӏарул мацӏалде руссинарула гӏурусазул поэтазул асарал…\n— Нижер тухумалда гьечӏо машгьурал поэтал, хъвадарухъаби. Амма гӏезегӏан рукӏана кӏалзул гьунар бугел, бачӏинахъего кочӏол мухъал хъван бажарулел, пасихӏал гӏадамал. Дирги кучӏдуздехун цӏайи бачӏана жеги гьитӏинго. Дун росдал школалда цӏалулаго, дидаса 2 соналъ кӏудияй яц цӏалулей йикӏана цогидаб росулъ. Махсара хӏисабалда цоцахъе кагътал нижеца хъвалаан кучӏдуздалъун. Гьебги лъикӏ бихьун, дие кумек гьабуна учительницаялъги. Хъварал кучӏдузул цо тӏехь буго гьанжелъизегӏан дица къватӏибе биччараб. Гьабсагӏаталда хӏадурулеб буго 25 гӏурус поэтасул магӏарул мацӏалде руссинарурал асаразул тӏехьги. Гьелда тӏубан ракӏ рекъонги гьечӏо дир, парахатго тӏад хӏалтӏизе заманги гӏолеб гьечӏо."}
{"slug": "10413-g-varidab-l-alkigi-tun-k-ok-uneb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10413-g-varidab-l-alkigi-tun-k-ok-uneb-bugo", "title": "Гъваридаб лъалкӏги тун къокъунеб буго", "date": "2020-12-29 10:58:28", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьале рагӏалде щолеб буго 2020 сон. Дунялалъулго спортивияб бутӏаялда кӏудияб лъалкӏги тун, унеб буго гьеб. Экспертаз, аналитиказ абулеб буго исана гӏадинаб спорталъе икъбал гьечӏеб сон ки- даниги букӏун батиларинги. Гьеб битӏарабги буго. Лъагӏалил байбихьуда бачӏараб коронавирусалъул балагьалъ гьоркьор къотӏизаруна дунялалдаго унел рукӏарал киналго спортивиял тадбирал. Хӏатта, Олимпиялъул хӏаялцин рахъана 2021 соналде.\nОлимпиада нахъе бахъиялъул хӏужаби цереккунги рукӏана, амма цого заманалда дунялалдаго киналго спортивиял тадбирал гьоркьор къотӏизе тей букӏараб жо гуро. Дагъистан ккола спорталъул къебелъи. Гьединлъидал спорталда сверухъ лъугьа-бахъунеб кинабго нилъедаги хъинтӏичӏого букӏинищха.\nКоронавирусалъ нилъер спорталъе гьабураб бищунго кӏудияб зарал ккола дунялалдаго машгьурав тренер Гӏабдулманап Нурмухӏамадов къадаралде щвей. Камуна Дагъистаналъе анцӏ-анцӏ чемпион куцарав, ММАялъул Олимплъун кколеб UFC-лъул тӏогьиве вас вачарав гьунар тӏокӏав инсан. Амма Аллагьасул къадаралда тӏад рекъезе ккола. Руго Дагъистаналъул спорталда цо-цо рохизе ккарал хӏужабиги. Дагьаб цебе Джастин Гэйтжиги къезавун UFC гӏуцӏиялъул рачел цӏунана Хӏабиб Нурмухӏамадовас. Гьеб букӏана 2020 соналъ дагъистаниязе щвараб бищунго кӏвар бугеб бергьенлъилъун. Республикаялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тӏаса бищараб командаялъги улкаялъул ва дунялалъул даражаялда рихьизаруна цере рукӏинчӏел гӏадинал лъикӏал хӏасилал. Коронавирусалъ лъугьинабураб хӏалуцин чучлъарабго тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Рос- сиялъул чемпионаталда нилъер командаялъ ккуна тӏоцебесеб бакӏ. Анцӏгоялда гьоркьоса микьго меседил медальгун тӏад руссана гьел чемпионаталдаса. Гьединалго хӏасилал рихьизаруна Дагъистаналдаса атлетаз гьал къоязда Белградалда тӏоритӏарал эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул кубокалъе гӏоло къецаздаги. Анцӏго цӏайиялъул категориялда гьоркьор рукӏарал хӏалуцарал къеркьеязул микьгоялда чӏел босана нилъераз. Гӏабдурашид Садулаевасул цебехъанлъиялда дунялалъул кубокгун тӏад буссана Дагъистаналъул команда рехсараб турниралдаса.\nРеспубликаялъул спортсменаз лъикӏал хӏасилал рихьизаруна боксалъул рахъалъги. Дагьаб цебе Оренбургалда букӏараб Россиялъул чемпионаталда кӏиго меседил медаль щвана нилъеразе.\n91 кг цӏайиялда чӏел босана Россиялъул тӏаса бищараб командаялъул капитан Муслим Хӏажимухӏамадовас. Гьенибго тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана 75 кг цӏайиялда цеве вахъунев цоги ракьцояв Жамбулат Бижамовги.\nБоксалъул рахъалъ руччабазда гьоркьоб Ульяновскиялда тӏобитӏараб улкаялъул чемпионаталдаги Дагъистаналдаса кӏиго спортсменкаялъе щвана меседил медалал.\n69 кг цӏайиялда бергьенлъи босана Россиялъул тӏаса бищараб командаялъул капитан Сагӏадат Тӏалхӏатовалъ. Гьединго улкаялъул чемпионкалъун яхъана 75 кг цӏайиялда цее яхъуней Зенфира Мухӏамадгӏалиеваги.\nФутболалъул рахъалъ лъикӏал хӏасилал рихьизаруна «Краснодар» командаялъул мухъилъ хӏалев дагъистанияв Мухӏамад-Шапи Сулеймановас. Дунялалда бищунго къуватаб турнирлъун рикӏкӏунеб чемпионазул Лигаялда хӏалаго, гьес Испаниялъул «Севилья» командаялъе кьабураб гол рикӏкӏана 2020-2021-абилел соназул сезоналъул хасалил бутӏаялъул бищунго берциназул цояблъун. Гьебгиха, рехсараб турниралда Криштиану Роналдугун Лионель Месси хӏалел рукӏаго.\nЦоги ракӏалда чӏолеб хӏужалъун хутӏана Хасавюрталда 12 сон барав Мухӏамадрасул Мухӏамадовасдагун Станислав Сарянида гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ букӏараб рецӏел босиялъулаб речӏчӏи. Тӏоцебесеб нухалъ дагъистанияв бергьун вукӏана. Доб мехалъ хӏалбащадаб къагӏидаялда гугарун рукӏана гӏисинал спортсменал. Гьаб нухалдаги Мухӏамадрасулица 10:0 хӏисабгун къезавуна Сарян."}
{"slug": "10414-uitelasul-kharzh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10414-uitelasul-kharzh", "title": "Учителасул харж", "date": "2020-12-29 11:07:50", "categories": ["obrazovanie"], "text": "РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ регионазде битӏизе буго учителасда тӏадал ишазул сияхӏ. «Гьелда рехсон буго учителас чара гьечӏого цӏезабизе кколеб ункъо документ. Учителасда яги классалъул нухмалъулесда тӏадаб гьечӏо сияхӏалда рехсечӏеб документ хӏадуризе», — ян баян буго кьолеб министерствоялъул сайталда.\nРехсараб сияхӏалда рекъон, учителас хӏадуризе ккола: гӏаммаб лъай кьеялъул классазе (жинца дарсал кьолел) лъай кьеялъул аслияб программа, цӏезаризе ккола классалъулги дарсаздаса хадур лъимал цӏализариялъулги журналал ва щивав цӏалдохъанасул «личное дело».\nЦогидал документал хӏадуриялъухъ школалъул администрациялъ гӏарац кьезе ккола учителасе. Гьел хӏадуреян тӏадкъалеб хасаб документги букӏине ккола, учителас гъулбасараб. Гьелда бихьизабизе ккола документ цӏезабиялъе болжалги, гьелъухъ кьезе бугеб гӏарцул роценги.\nРоссиялъул 60 регионалда учителасул харжалъул базовияб оклад буго МРОТалдасаги дагьаб. Гьедин хъвалеб буго «Учитель» абураб регионазда гьоркьосеб профсоюзалъул вакилзабаз.\nБищунго мискинал педагогал руго Гъарачай-Черкесиялда, Еврей автономияб округалда ва Алтаялда. Бищунго бечедал – Москваялда, Магадан областалда ва Сахалиналда.\n«Учитель» профсоюзалъ хал гьабуна бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжазул хӏакъалъулъ къабул гьарурал регионалиял хӏукмабазухъги. Базовияб окладалда гъорлъе унаро категориялъухъги, ставкаялдаса тӏаде арал сагӏтазухъги, гъирабазабиялъул бутӏаялдасаги кьолеб гӏарац.\nГьединлъидал рес буго федералияб МРОТалдаса (12130 гъурущ) дагьаб оклад букӏине.\nУнкъо регионалда педагогасул базовияб ставка буго щуазаргоялдаса дагьаб, 13 регионалда – 5207-7497 гъурущ, 26 регионалда – 8005-9966 гъурущ, 17 регионалда – 10010-12046 гъурущ.\nКӏиабилеб сон буго учителасул харжалда сверухъ бахӏс унеб бугелдаса. Дагьалъ цебе улкаялъул президентасул пресс-конференциялдаги кьуна гьадинаб суал: щай учителасул харж бащалъизабураб рукъ бацӏцӏуней гӏаданалъул харжалдайин абун. Гьелъие гьадинаб жаваб кьуна Владимир Путиница: «РФялъул нухмалъиялъ цӏидасан халгьабизе ккола преподавателазул харжазухъ. Бегьулеб жо гуро учителасул уборщицаялъулго гӏадаб харж букӏин», — ан.\nЦӏияб цӏалул сон байбихьилалде «Учительская газеталъул» суалазе жавабал кьолаго, РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас абун букӏана, учителасул харж цӏикӏкӏинабизе ккани, Захӏматалъул кодексалда хиса-басиял гьаризе кколин абун. Гьелда бан, министерствоялъ хӏадурулеб буго тӏолабго улкаялъул лъай кьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазе харжал кьеялъул рахъалъ цогоял тӏалабалинги бицана министрас. Хадубккун гьеб документ битӏизе буго Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялде. — Хӏисабалде босизе буго учителас кьолел дарсазул хӏакъикъияб къадарги гьес гьабулеб цогидаб хӏалтӏиги. Гьелде тӏадеги, цӏияб цӏалул соналда классазул нухмалъулезе щвезе ккола федералияб надбавка – 5000 гъурщидаса дагь гьечӏеб гӏарац. Нижеца халкквезе буго регионазда гьеб кьеялда хадуб. 5000 гъурущ кьолинги абун, классалъул нухмалъулесе цебеккун кьолеб букӏараб гӏарац тӏаса бахъизе бегьуларо. Федералияб бюджеталдаса кьолеб 5000 гъурущ бараб гьечӏо классалда ругел цӏалдохъабазул къадаралда яги лъай кьеялъул программабазда. Гьеб кьечӏого тезе яги педагог гьелдаса махӏрум гьавизе ихтияр буго – гӏицӏго тӏадаб борч тӏубалеб гьечӏони яги тӏаса-масагояб бер- балагьи загьирлъани, — ян бицана С. Кравцовас.\nСоциалиял гьиназда ругел курс- цоязул къукъабазда, октябралдаго бицен ккун букӏана гьеб гӏарцуда тӏасан. Цонигиялъ абичӏо гьеб, гъу- рущ тӏаса камичӏого, щванин абун. Цоязе гьеб кьунго гьечӏо, кьуразеги камизабун буго.\nУчительзаби дагьлъун – цӏалдохъаби гӏемерлъун\nЭкспертаз хал гьабуна СНГялъул улкабазул лъай кьеялъул идарабазда учительзабазулги цӏалдохъабазулги роцен кинаб бугебали.\nШколал къаялъул рахъалъ Россия буго лъабабилеб бакӏалда: щибаб соналда Украинаялда къала школазул 3,2 процент, Белоруссиялда — 1,7 процент, Россиялда — 1,3 процент.\nЦо школалъул хӏисаб гьабун, цӏалдохъабазул къадар гьоркьохъеб къагӏидаялда цӏикӏкӏун буго: Россиялда – 1,9 проценталъ, Украинаялда — 5,6 проценталъ, Казахстаналда — 4,0 проценталъ ва Белоруссиялда — 3,3 проценталъ.\n2019 соналда, азарго цӏалдохъанасул хӏисаб гьабун, Россиялда вукӏана 80 учитель.\nЭкспертазул пикруялда рекъон, 2023 соналде вукӏине вуго 78. Гӏемерисел бакӏазда камун руго математикаялъул, гӏурус ва къватӏисеб улкаялъул мацӏазул учительзаби. Гьел дарсал рачине тӏамулел руго батӏиял махщелчагӏи ва эркенаб ставка гьечӏин абулеб буго школалъул администрациялъ.\nУчительзаби дагьлъиялъе гӏиллалъун экспертаз рехсолеб буго дагьаб харжги гӏемераб хӏалтӏиги букӏин.\n«Коммуналка» кьезе буго\nРосабаздагун поселоказда ва гӏисинал шагьаразда хӏалтӏулел ругел учительзабазе, рехсараб бакӏалда гьез гӏумру гьабулеб гьечӏониги, бецӏизе буго токалъухъгун газалъухъ ва цӏулахъгун тӏорччохъ харж гьабураб гӏарац.\nГьелъул хӏакъалъулъ баян кьун буго нормативиял актазул сайталда. Гьениб лъураб документалда бицунеб буго «РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб законалъул 47-абилеб статьяялъул микьабилеб бутӏаялда хиса-баси гьабунин абун.\nЗаконалда хъван букӏана «росабалъ гӏумру гьабулел ва хӏалтӏулел педагогиял хӏалтӏухъабазе»; гьанже букӏине буго «росабалъ хӏалтӏулел педагогиял хӏалтӏухъабазе» абун.\nКоммуналияб бигьалъиялдаса пайда босизе ихтияр буго 50 азаргогӏан чияс гӏумру гьабулеб бакӏалда хӏалтӏулев учителасе. Росдал школалъун рикӏкӏуна: росдал советалда гьоркьобе унеб росулъ, колода яги областалъул (шагьаралъул, районалъул, округалъул) администрациялъул нухмалъиялда гъоркь бугеб школа."}
{"slug": "10415-soldatasul-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10415-soldatasul-kag-at", "title": "Солдатасул кагъат", "date": "2020-12-29 11:53:58", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "I\n…Дагьаб цебе Шамил районалъул Гьандихъ росдал школалъул ТОКСалъулаз босун бачӏана мадугьалихъ росулъа рагъухъанасул лъаббокӏонаб кагъат. Гьеб бугоан Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бищун захӏматаб 1941 соналъул декабрь моцӏалъ Исбагьиев Мухӏамадица фронталдаса хъвараб кагъат. Гьеб ккола тушман Москваялде гӏагарлъараб ва Советияб пачалихъалъул тахшагьаралде тӏаде хвалилаб хӏинкъи щвараб заман.\nКагъат хъван бугоан цӏакъ берцинаб гӏажам-хатӏалъ кӏудияв эмен Къурбанчиясул цӏаралда.\nГьениб бугоан рокъосезде салам, кӏудияв инсул чорхол хӏал, батӏияб-цӏияб росулъан хабар цӏехон. Бихьулеб буго жиндирго дагь бицун, рокъосезул гьес гьабулеб бугеб тӏалаб.\nГӏадатияв солдатасул кагъат… Гьелда нахъа бихьула гӏагараб ракьалде, росдаде, гӏадамазде рокьи ва тушманасда тӏад бергьенлъи босиялде бугеб ракӏчӏараб хьул.\n…Дун цӏакъ воххана гьанжеялдаса 79 соналъ цебе хъвараб, солдатасул кагъат батиялдаса ва рагьана «Ракӏалда щвеялъул тӏехь». Гьениб хъван бугоан «Исбагьиев Гьитӏинамухӏамад, 1913 соналъ гьавурав, Къахӏиб район, Къваниб росу. Хвана». Гьев гуро дов кагътил бетӏергьан ва гьев кколев ватана нилъеца бицен гьабулев Мухӏамадил гьитӏинав вац. Гьев хӏакъикъаталдаги рагъдаса вуссун гьечӏо.\n«Ватӏаналъул солдатал» абулеб тӏехьалде балагьидал, гьениб бугоан хъван «Исбагьиев Мухӏамад, 1906 соналда гьавурав, хъулухъ гьабуна 451, 855, 650-аб. автобатальоналда», — абун.\nВагъун вуго Централияб I ва II Украинаялъулаб фронтазда шофер-красноармеец хӏисабалда. Гьев ккола нилъеца бицен гьабулев Мухӏамад.\nНахъисеб къоялъ школалде ячӏарай Гьандихъ гӏумру гьабун йигей Мухӏамадил яс Исбагьиева Патӏиматица бицана инсул хӏакъалъулъ.\n«Школалда цӏалилалде гьев цин цӏалун вуго Къваниб росулъ гӏалимчи, жиндирго кӏудияв эмен Къурбанчиясда цеве. Хадуб Гьандихъ росдал мадрасаялда битӏун лъугӏизе 3 тӏехь хутӏараб мехалъ, гьениб мажгитги къан, цӏализе ине ккун вуго жиндирго гӏагарлъи бугеб Хунзахъе. Гӏараб цӏали цадахъ бачунеб букӏун буго школалда цӏалиялда цадахъ. Кватӏичӏого дарс лъолев вукӏарав мугӏалим жанив лъун, гӏараб цӏали гьоркьоб къотӏизе тезе ккун буго. Гӏарабалъ лъикӏ хъвазе гуребги, цӏалуеги хӏадурлъи щварав вукӏун вуго гьев. Гьелъ буго доб берцинаб хатӏалъ кӏудияв инсухъе хъвараб кагъатги.\n…Мухӏамад киданиги хӏалхьи-ялда вукӏунев чи вукӏинчӏо. Гьесул анищ букӏана Дагъистаналъул миллияб рекӏаразул эскадроналде хъулухъ гьабизе ине. Гьев гьениве витӏана. Амма букӏана гьев рухӏдаллъараб ва бокьилаанин ккараб цоги махщел – шоферлун вахъин. Гьедин хисана хъулухъ. Армиялъе къваригӏун рукӏана рагъулал шоферзаби. Дол 30-абилел соназул ахиралда магӏарулаз, жакъа нилъеца летчикасул гӏадаб хӏурмат гьабулаан шоферасул. Букӏинаребги кинха, гӏасиял мугӏрузул нухаздасан, горбода мусруги бухьун, машина бачунев шофер рикӏкӏунаан бахӏарчилъун.\n…Лъеберабилел соназда щай гурин, 50-абилел соназул байбихьуда нижер росулъе тӏоцебе колхозалъул къайи баччулеб машина бачун вачӏарав Аслангераев Мухӏамадил хӏурматалда бертин гьабун букӏана. Нахъисеб къоялъ ниж, гьитӏинал чагӏи, тӏад рекӏун мадугьалихъ бугеб росулъеги нахъеги рачиндал, нижер хӏал кӏолеб рохел букӏинчӏо.\n…Исбагьиев Мухӏамад кколев вуго Къахӏиб районалдаса, рагъ ккелалде, тӏоцере рахъарал шоферзабазул цояв.\n… Шоферлъун вахъун хадуб гьев гражданлъиялъул хӏалтӏуде виччала. Амма гӏемераб заманалъ гьитӏинаб Ватӏаналда хӏалтӏизе гьесие щвечӏо. Кватӏичӏого байбихьараб Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ бищунго къваригӏараб махщел гьесул букӏана.\nГьелдаса нахъе, ункъабго рагъул сон Мухӏамадил машинаялъул рулалда нахъа ана. Гьесул вас Шагьидас школалде рачӏарал рагъулал документаздасан ва инсуца бицунеб букӏараб хабаралдасан лъазе кӏвана Исбагьиев Мухӏамадил хадусеб рагъул нухалъул хӏакъалъулъ баян.\n…Рагъул соназда гьесда бихьичӏеб гӏакъуба-къварилъиги хутӏун гьечӏо. Батӏи-батӏиял фронтазда бищунго захӏматал рагъул участкабазде цӏакъго къваригӏунел бакӏазде рехулаан гьел. Гьес абулаан машина бугила гьаваялдасанги ракьалдансаги ишан босулеб тӏанкӏ. Чан нухалъ гьев хвечӏого ворчӏарав бомбаялъул тӏирабаздаса. Пехота, самолетал ва танкал раккаралго окопазде жанире лъугьуна. Машинайин абун гӏужлъун цебе хутӏула. Гьедин 2 нухалъ бомбаялъул тӏириялъ лъукъун госпиталазда вегана, амма машинаялдаса ватӏалъичӏо.\nГӏемерисеб нухалъ жиндицаго тӏад лъезе кколаан лъукъарал-чӏварал рагъухъаби. Гьелъул хӏал рагъ лъугӏун хадуб гурони лъачӏо черхалда. Амма цо ккараб гӏажаибаб лъугьа-бахъин гӏемер бицунаан гьес ва гьеб жиндие Аллагьасул талихӏ кканилан абулаан.\n— Чӏварал рагъухъаби машинаялде аскӏоре росизе кколаан цогидав кумекчиясгун цадахъ. Цойидасанго дагьаб рикӏкӏад бугеб машинаялде кьвагьун бачӏана снаряд ва гьелда цӏа рекӏана. Ниж окопалъуре кӏанцӏана. Гьенисан хал гьабидал бихьана немцазул «Опель» машина, амма гьелъие къварилъи ккун бихьулеб букӏинчӏо. Ниж хехго, кьвагьулеб жоялда гъоркь, гьенире рекерана. Вугоан машинаялъул рулалда тӏаде къуларав немцазул унтер. Бихьулеб букӏана гьев захӏматго лъукъун, хун вукӏин. Нижеца гьев къватӏиве вахъана, гӏодов лъуна ва дун стартералда квалквадана. Цойидасанго машина бакана ва талихӏалъ багъаризабизе кӏвана. Гьеб мехалъги кьвагьулеб жо къотӏулеб букӏинчӏо. Кьвагьулеб букӏана нилъергоязги. Букӏинарищха, гуллагӏадин тӏаде кьвагьун бачӏунеб бугеб немцазул машинаялде. Нижедаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб бакӏалда кӏигониги снаряд кьвагьана. Амма таваккал бергьана ва, бокьараб бахъаян, нилъеразулго рахъалде хъамуна.\nГьедин рорчӏана нилъераз ккураб фронталъул мухъалде.\nНахъисеб къоялъ часталъул командирас, кверги бачун, кьерда чӏарал рагъул гьалмагъзабазда цеве «За отвагу» абураб медалалъе вихьизавуна. Гьеб букӏана дие кӏудияб рохел ва ракӏалдаса унареб лъугьа-бахъин, — ян.\nГьединал ишал фронталда гӏемер кколел ратила. Гӏемераб бараб буго живго рагъухъанасдаги, гьесул чорхол хӏалалдаги, хӏинкъунгутӏиялдаги, вакӏа-вахариялдагиян абулаан гьес.\nГьедин вагъулаго Берлиналде щваниги, Мухӏамад Исбагьиев гӏицӏго кӏиго соналдасан гурони рокъове тӏад вуссинчӏо.\n«Нилъецаго биххизабураб бакӏ нагӏана батаязе цӏидасан базеги ккана, гьел нилъер гьудулзаби лъугьаралъул», — ан абулаас гьес.\nГьел соназда гьесул гьитӏинав вац Исбагьиев Гьитӏинамухӏамад япониязулгун рагъулъги гӏахьаллъун, хвана.\nГьитӏинабго Къваниб росулъа, гьедин, Къурбанчиевазул-Исбагьиевазул хъизамалъул кӏиго гӏолохъанчияс лъуна жидерго бутӏа Советияб улка цӏуниялъулъ.\nII\nХутӏараб гӏумру Мухӏамадил халкъалъе хъулухъалъе хӏалтӏулаго ана. Аслияб къагӏидаялъ гьев хӏалтӏана Хунзахъ районазда гьоркьосеб УОСалда.\nХалкъалъе бищун хӏажатаб лъим бахъизе къваригӏунел алатал росун гьев щвечӏеб росу батиларо. Гьев витӏулаан бищун захӏматаб, машина бачине хӏинкъараб нух бугеб росулъеги.\nЛъикӏал рагӏаби абулаан Мухӏамадил хӏакъалъулъ цеве УОСалъул вукӏарав нухмалъулев Атаев Хӏажица, бетӏерав инженер Шейхов Тӏалхӏатица.\nХадусеб заманалда, пенсиялде иналде цеве, гьев хӏалтӏана Хунзахъ «РТС-сельхозтехникаялда». Организациялъул нухмалъулев Малачиев Гӏадуца абулаан Мухӏамадица жеги малъараб ишалъе тасамахӏлъи гьабичӏилан ва кӏоларин, бажаруларин абичӏилан. Гьедин абулареб хӏалалъ машинаги чӏезабун букӏунаанин. Гьединал чагӏи рукӏана дол цересел лъадариялъул гӏадамал. Гьелъие цо мисал. Доб заманалда гьесул машинаялда рекӏаразда гьоркьоб ккана тунка-гӏуси, хадуб цоцазда нус кьабиялде бахараб иш. Мухӏамадица гьеб бакӏалда рагъарал рекъезаруна ва тӏаса-гъоркьа лъугьинаруна, гьел больницаялде, Къахӏире швезаруна. Гьелда релълъарал лъугьа-бахъинал гӏезегӏан ккана.\nМухӏамад Исбагьиевасул цӏикӏкӏарасеб гӏумру Хунзахъ ана. Хунздерица гьев рикӏкӏуна жидерго чилъун ва мунагьал чураясул хӏакъалъулъ лъикӏал гурел рагӏабиги абуларо. Гьесул кӏудияб хъизан – 3 вас ва 4 яс гьабсагӏат Хунзахъ, Хӏебда, Гьандихъ, Къваниб гӏумру гьабун руго.\nАхиралде щвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул цоги юбилей. Къо бахъанагӏан рикӏкӏалъулеб буго нилъедаса рагъул тарих. Амма нус-нус сон аниги, лъугӏизе гьечӏо рагъул аслияб бакӏлъи тӏаде ккарал гӏадатиял солдатазул бахӏарчилъиялъулги, къвакӏиялъулги, захӏматалъулги хӏакъалъулъ бицен. Заман анагӏан хиралъулел руго гьезул цӏарал. Гӏолохъанаб гӏелалъ тӏалаб гьабулеб буго лъазе жидерго умумузул бахӏарчиял цӏаралги, хварал рукъараб бакӏги, гьезул рагъул документалги, лъалкӏги.\nРохизе бачӏуна «Хвел гьечӏеб полкалъул» кьеразухъ балагьунги. Гьеб буго гӏун бачӏунеб гӏел. Гӏадада холеб гьечӏо гӏисинал лъалкӏчагӏазул, юнармиялъул гӏахьалчагӏазул хӏалтӏи.\nНижер школалъул лъалкӏчагӏаз жакъа къоялде балагьун буго 18 росуцояв вукъараб бакӏ. Гьал соназда лъалаго цӏикӏкӏана жидерго кӏудиял умумузул хабаде щвезе арал гьезул лъималазул ва лъималазулгун лъималазул цӏарал: Гӏалиев Хӏабиб (Белоруссия), Къурбанов Гӏабдукъадир (Орлов область), Гӏисаев Мухӏамад (Краснодар), Гӏалиев Дибирасулмухӏамад (Смоленск область), Мутагӏилов Гӏабдурахӏманхӏажияв (Кировакан).\n… Нижер школалъул ТОКСалъул музеялъе щвана цоги документ. Гьелъул щибалда бихьула улка хвасар гьабурав рагъухъанасул нух, къисмат ва гӏумру. Мухӏамад Исбагьиевасул кагътицаги кквела гьезда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ."}
{"slug": "10450-barakatab-batagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10450-barakatab-batagi", "title": "Баракатаб батаги!", "date": "2021-01-11 09:00:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана 15 сон тӏубана машгьурав гӏалимчи Шамил Гӏалиевасул цӏар цо планетаялъе кьуралдаса.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицинеги Цӏияб сон баркизеги ниж дандчӏвана Шамилгун.\nГьес ракӏалде щвезабуна жиндирго лъимерлъи, гӏолохъанлъи, гӏагараб росулъ араб гӏумру, росдал гӏадамал. Ва хадуб гьес тӏолалго магӏарулазе гьабуна гьадинал гьара-рахьиялги.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, дица магӏарулазе гьарула талихӏ. Щиб жо кколеб талихӏ? Дир пикруялда, гьеб буго инсан къисматалъул бокьараб сайгъат къабул гьабизе хӏадур вукӏин.\n— Гӏурус рагӏабазул лъабго «в» — вера, выбор, воля. Гьел ккола нилъер рухӏияб хӏаракатчилъиялъул щулияб аслу. Биччанте щивав магӏаруласул рекӏелъ щулияб бакӏ кквезе гьел рагӏабаз. Гьезул кваркьидакь ругони, талихӏ аскӏоса багъаризе гьечӏо.\n— Нужеца гьабулеб хӏалтӏи нужее бокьулеб бугони, гьелдаса нужее рохелги букӏунеб бугони — гьеле нужер талихӏалъул цоги кваркьи.\n— Сонал ранагӏан, дие рокьулел руго лъималги херал чагӏиги.\nГьезда аскӏове щведал, дир пикрабазда гваргъун рекӏуна гьелегьараб рокьул цӏа. Гьеб цӏадулъги бугебщинаб хӏасрат. Гьебги ккола талихӏалъул цоги кваркьи.\nХӏурматиял магӏарулал!\nБаркула нужеда тӏаде щолеб Цӏияб сон. Биччанте дир гьара-рахьиязги нужер гӏумруялъулъ жидерго хасаб бакӏ кквезе."}
{"slug": "10451-redaktorasul-kalam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10451-redaktorasul-kalam", "title": "Редакторасул калам", "date": "2021-01-11 09:26:03", "categories": ["obshestvo"], "text": "Магӏарул районазул нухмалъулезда ракӏ-ракӏалъ баркула тӏаде щвараб 2021 сон.\nБаракатаб ва икъбалаб батаги нужее ва нужеца нухмалъи гьабулел районазул жамагӏатазе\nЦӏияб сон.\nАссаламу гӏалайкум, хӏурматиял магӏарулал!\nГьале ахиралде щвана кигӏанги бакӏаб, рекӏкӏаб, рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазул лъикӏалщинал пикрабигун къасдал рукъараб, гъанкъараб сон.\nГӏумруялдаса ватӏалъана аза- азар чи — дир инсудаса байбихьун, дунялалдаго машгьурав тренер Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасде щвезегӏан. Коронавирусилан цӏар чӏвараб балагьаб унтуца цӏогьохъе ва цӏоб тун бецана халкъ.\nАна, талихӏалъ, тӏолабго гӏаламалда тӏад кверщел гьабураб, щибаб рокъобе къварилъи-балагьгун рещтӏараб, календаралда высокоснийилан абулеб, 2020 сон.\nХваразул гӏагарлъиялъе иман бугеб сабру кьеги, унтарал киназулго, Аллагьасул кумекалдалъун, сахлъи щулалъаги ва нилъер щивасул рекӏелъ кантӏи рещтӏаги…\nКъаси-къад батӏалъи гьечӏого, унтаразул къаданир бахӏарчиго къеркьарал тохтурзабазул хӏакъалъулъ нижеца хъвана щибаб номералда.\n«Багӏараб зонаялда» хӏалтӏулаго, жалгоги вирусалъ унтарал, Россиялдаса 523 медхӏалтӏухъанасе жиндирго «Къункъраби» абураб Гӏелмиябгун сах гьариялъулаб комплексалда реабилитация гьабурав сахав магӏарулав, МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовасеги сайгъат гьабуна нижер журналистаз чанго гьумер.\nГӏемераб бицана газеталъ гӏагараб Дагъистан дарабаздалъунги, маскабаздалъунги, кинабго хӏажатабщиналдалъунги хьезабурал: бизнесмен Сулейман Керимовасул, Дербенталъул чогърол заводалъул директор Мухӏамад Сагӏадулаевасул, дунялалдаго цӏар рагӏарав спортсмен Хӏабиб Нурмухӏамадовасул, авар миллаталъул цевехъан Сайгидпаша Гӏумахановасул, ДРялъул вице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовасул ва цогидалги сахаватал гӏадамазул хӏакъалъулъ.\nВахӏшияб унтуца кинабго жо кӏоченабуниги, гьайгьай, рукӏана улкаялда, республикаялда ва районазда лъикӏал ишалгун рохалилал лъугьа-бахъиналги.\nНилъ рохизе ккола власталде иш лъалел, ракӏбацӏцӏадал нилъер миллатцоял рачӏунел рукӏиналдаса.\nМисалалъе, восе, къокъабго заманалда жаниб лъаларедухъ Дербент шагьаралъул гьумер хисизабизе кӏварав Хизри Абакаров.\n— Дун гьаниве вачӏана цохӏо какикьжогун, гьебги босун нахъеги ине вуго, — ян абурал рагӏабазул хважаинас ДРялъул Пачалихъалъулав секретарасул хъулухъалдаги халкъалъе пайдаяб хӏалтӏи гьабизе букӏиналда щибго щаклъи гьечӏо нилъер.\nКӏудияб божиги хьулги буго Хӏукуматалъул бетӏер, магӏарулав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасдаги.\nРеспубликаялъул Бетӏерасул гӏакълучилъун тӏамурав Сайгидпаша Гӏумахановасги абила жеги жиндирго рагӏи, гьарила чанги миллаталъе кӏвар бугел ишал.\nХалкъалде гьумер буссарал ратаги цӏи рищарал хӏакимзаби.\nМагӏарулазул ва тӏолалго бусурбабазул кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна дица шайих Ахӏмад- хӏажи афанди гӏадав динияв цевехъан нилъер вукӏин.\nРакӏалде щвезабе, вирусалъ битӏахъе халкъ бецун унеб заманалда, улкаялъул Президентасде хитӏабгун муфти цеве вахъараб куц ва гьес рагьун хӏакъикъат цебе лъеялъул хӏасилалда республикаялда ккараб хиса-баси. Ахӏмад- хӏажил бихьинаб кӏалъаялъ ва къвакӏараб позициялъ кӏудияб асар гьабурав дица доб мехалда хъван букӏана «Муфти — чода, чиновникал — гӏодор» абураб макъала. Щулияб сахлъиги халатаб гӏумруги кьеги нилъер рухӏияв цевехъанасе. Гьесулги тӏолалго устарзабазулги баракат камун тогеги нилъ Аллагьас…\nГьайгьай, нижер коллективалъеги гӏезегӏан захӏматаб, квалквалал, квекӏенал гьарзаяб сон букӏана гьаб. Гӏемералго гӏадин, нижги унтана, цо-цоял жеги унтунги руго.\nАмма цохӏо чӏегӏераб кьералъ белъун букӏунарелъул гӏумру ва къварилъиялда хадуб гӏатӏилъиги камуларелъул, рукӏана унеб соналъулъги ниж рохизе ва чӏухӏизе рес кьолел ишал.\nПодпискаялъул рахъалъ тӏолалго миллиял газетазда гьоркьоб «Хӏакъикъат» бачӏана тӏоцебесеб бакӏалде.\nЦӏи гьабуна, цо чанго соналъ гьоркьоб къотӏун букӏараб, журнал биччаялъул хӏалтӏи ва Патӏимат Гьитӏиновалъул хӏаракаталдалъун къватӏибе бачӏана тӏоцебесеб номер.\nИнтернационалияб темаялда тӏасан Миннацалъ лъазабураб саламатаб конкурсалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна ва 60 азарго гъурщил къадаралда премия щвана информотделалъул редактор Зульфия Хӏажиевалъе. Гьелъго лъабабилеб бакӏ ккуна антитерроралъул темаялда хурхун нижерго министерствоялъ лъазабураб конкурсалдаги.\nФилологиял гӏелмабазул кандидат, лъай кьеялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъул жигаралдалъун, школлъималазда гьоркьоб тӏобитӏана «Ниж рагъул лъимал» абураб конкурс. Гьеб бикьун букӏана лъабго ригьалъул къокъаялде. Щибаб номинациялда тӏоцебесеб лъабго бакӏ ккурал цӏалдохъабазегун конкурсалде гьел хӏадур гьарурал мугӏалимзабазе кьуна дипломал ва сайгъатал.\nГьединго, лъазабун букӏана машгьурав хъвадарухъан, гӏемерал соназ миллияб газеталъе нухмалъи гьабурав журналист Мухӏамад Шамхаловасул цӏаралда бугеб премиялъе гӏоло конкурсги.\nБергьарав лъабго чиясе кьезе буго 15, 10 ва 5 азарго гъурущалъул къадаралда премиягун дипломал.\nГазета цохӏо нижеца гьабуларо, гьеб гьабула миллатги бокьулел, газетаги цӏалулел тӏолалго магӏарулаз. Цӏалдолез бакӏаздаса ритӏун рачӏарал макъалабаз, лъазабияз, цӏиял харбаз чӏаго гьабула гьеб.\nХьул буго, хӏурматиял магӏарулал, цӏияб соналдаги нужеца нилъер миллаталъул цохӏо бугеб газеталъулгун гьоркьоблъи хвезе теларилан ва подписка гьабилилан.\nБаркула киназдаго Цӏияб 2021 сон!\nГьарула щивасе щулияб сахлъи, халатаб гӏумру ва кидагосеб икъбалги баракатги!"}
{"slug": "10454-l-ikiab-bukiineselde-bozhil-igun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10454-l-ikiab-bukiineselde-bozhil-igun", "title": "Лъикӏаб букӏинеселде божилъигун", "date": "2021-01-11 11:18:08", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бегана нилъер тарихалъул цоги тӏамач. Нуха регӏана 2020 сон.\n100 сон тӏубана Дагъистаналъе автономия лъазабуралдаса.\nРосабалъ рана цӏиял школал ва лъималазул ахал.\nРеспубликаялда гӏемерго дагьлъана рахьдал мацӏалги хӏажалъуларин, нилъер адабиятгун маданиятги къваригӏун гьечӏин ахӏдолезул гьаркьал.\nЛъалаго цӏикӏкӏана Дагъистаналде рачӏунел гьалбадерил, туристазул къадарги. Дагъистан ккана Россиялдаго туризм хехго цебетӏолеб республикалъун.\nХисана республикаялъул нухмалъулел. Дагъистаналъул хӏукуматалъул бетӏерлъуде, пачалихъияв секретарасул, цо чанго министерствабазул нухмалъиялде рачӏана магӏарулазул вакилзаби.\nИсана тӏоритӏана Мухӏу Гӏалиевасул, Муи Хӏасановалъул, Мухӏамад Тӏолбоевасул, Патӏимат Нуцаловалъул, Манарша Дибировалъул, Гӏумар Муртазгӏалиевасул, Гӏабдула Дагановасул, Мухӏамад Ахӏмадовасул, Ибрагьимхан Камиловасул, Чӏанкӏал юбилеял.\nГьединго гӏадамазул кумекалдалъун гӏезегӏанго лъикӏаб хӏалтӏи ккана мугӏрузулаб Дагъистаналъе кӏвар бугеб Бузнасан нух гьабулеб букӏинги.\n50 сон тӏубана 1970 соналда Дагъистаналда ракьбагъари ккаралдаса. Советиял республикабаз гьабураб кумекалъ, къокъаб заманалда жаниб рукӏалиде ккезабизе кӏвана. Гьезул кумекалдалъун рарал школаз, гостиницабаз, гӏадамал жанир чӏолел рукъзабаз жакъаги рохизарулел руго дагъистаниял.\nАраб сон нилъер республикаялъе лъикӏаб букӏана нухал гьариялъул рахъалъги.\nЛъикӏаб иш ккана республикаялъул школазе лъимал раччизе араб соналда нусгоялде гӏагарун автобус кьейги.\nБергьенлъабигун араб сон нуха регӏана республикаялъул спортсменазги. Гьезул сияхӏалда тӏоцебесеб бакӏалда хъвазе бегьила Хӏабиб Нурмухӏамадовасул цӏар. Боксалъул, гугариялъул, самбоялъул, дзюдоялъул рахъалъ цере рахъарал дагъистанияз, тӏадегӏанал хӏасилалги рихьизарун, росана меседил, гӏарцул ва мазгарул медалал. Цӏакъго гвангъарал мисалал рехсани, дунялалъул кубокалъе гӏоло Сербиялда тӏоритӏарал къецазулъ гӏахьаллъи гьабурав ичӏго дагъистаниясул микьгояс босана меседил медаль, цояс – гӏарцул. Россиялъул кубокалъе гӏоло регбиялъул къецазда Дагъистаналъул бихьиназул ва руччабазул кӏиябго командаялъ росана тӏоцересел бакӏал. Канлъул рахъалъ сакъатлъи бугезул мини-футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда нилъер командаялъ ккуна тӏоцебесеб бакӏ.\nГьелдаго цадахъ араб соналъ нилъеде тӏаде бачӏана коронавирусалъул балагьаб унти, гӏумруялдаса ратӏалъана гӏезегӏан чагӏи. Медицинаялъул рахъалъ гьеб унтиялде данде мисалияб хӏалтӏи гӏуцӏун нилъеразухъа бажаричӏо. Амма жинда гӏайиб ккарав сахлъи цӏуниялъул министр, гьебги бичӏчӏун, гӏарзаги кьун, нахъе ана. Гӏайиб ккарав хӏаким гьедин хӏалтӏудаса ин — гьеб буго нилъер республикаялда цӏакъ къанагӏатаб иш.\nРоссиялъул цогидал халкъаздаго гӏадин, нилъер миллатаздаги хъат бана гурхӏел-рахӏму гьечӏеб мискинлъиялъ – халкъалда гьоркьор цӏикӏкӏана гӏумру гьабизе хӏажалъулелдаса дагьаб гурони харж бачӏунарел хъизамал. Европаялъул улкабазда араб соналда инсанасе щолеб пайда, бечелъи цӏикӏкӏана, нилъер улкаялдайин абуни, экономистазул пикруялда рекъон (щайгурелъул статистикаялъул лъагӏалил баянал жеги гьечӏелъул), гӏадамазе щолеб бечелъи гӏодобе ккана 4 проценталъ.\nГьединлъидал дунялалда ругелщинал тӏабигӏиял бечелъабазул 40 процент жинда жаниб бугеб улкаялда 20 миллионалдаса цӏикӏкӏараб халкъ мискинлъиялда букӏиналъул хӏужаялъ нилъ тӏуранго рохизе толел гьечӏо.\nРоссиялда федералияб бюджеталдаса бищунго гӏемер гӏарац щвараб 10 субъекталъул сияхӏалъул тӏоцебесеб бакӏалда буго Дагъистан. Араб соналда нилъер республикаялъе кьун буго 72,892 млрд. гъурущ гӏарац.\nГьедин бугониги, нилъер ракӏазулъ буго щулияб таваккал, тарихалда лъикӏаб лъалкӏ тезе гъира- шавкъ ва къин гьечӏеб жигарчилъи.\nТӏаде бачӏараб Цӏияб 2021 соналъ киналго дагъистаниязе гьарула сахлъи, сахаватлъи ва лъикӏаб букӏинеселде божилъи."}
{"slug": "10455-tsiiyab-khiukumatgi-tsiiyal-tialabalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10455-tsiiyab-khiukumatgi-tsiiyal-tialabalgi", "title": "Цӏияб хӏукуматги цӏиял тӏалабалги", "date": "2021-01-11 11:36:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "29 декабралда республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовас тасдикъ гьабуна цӏияб хӏукумат.\nХӏукуматалъул нухмалъулесул тӏоцересел заместителаллъун тӏамуна Нюсрет Гӏумаровги Батир Эмеевги.\nНюсрет Гӏумаров хӏалтӏулев вукӏана республикаялъул нухмалъулесул ва хӏукуматалъул администрациялда.\nБатир Эмеев — республикаялъул промышленносталъул министрасул ишал тӏуралевлъун.\nАнатолий Карибовги, Владимир Лемешкоги, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, Муслим Телякавовги, Рамазан Жафаровги рукӏарабго хъулухъалда — хӏукуматалъул нухмалъулесул заместителаллъун тана.\nРакьулгун ва малмулкалъул гьоркьорлъабазул рахъалъ министрлъун тӏамуна Заур Эминов.\nТӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министрасул хъулухъалде тӏамуна Рахӏман Хӏамидов.\nГӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал- хӏалазул, тӏабигӏиял балагьазул ва гражданияб оборонаялъул министрлъун тана, цевеккунги гьелъул вукӏарав нухмалъулев Нариман Гъазимухӏамадов. Гьединго республикаялъул гӏолилазул министрлъун тасдикъ гьавуна Камил Сагӏидовги.\nДармилгун промышленносталъул министрлъун тӏамуна Низами Халидов. Экономикаялъулгун бакӏалъулаб цебетӏеялъул министрлъун — Руслан Гӏалиев.\nРосдал магӏишаталъулгун нигӏматазул министрлъун тӏамуна чанго соналъ цевеги гьелъул нухмалъулевлъун вукӏарав Батал Баталов.\nЖКХялъулгун энергетикаялъул министрлъун вачӏана Манвел Мажонц.\nИнформатизациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министерство кӏийиде бикьана. Гьелъул гьабуна Печаталъулгун информациялъул министерство ва нухмалъулевлъун тӏамуна, чанго соналъ цевеги гьебго хъулухъалда вукӏарав Гӏумаргӏусман Хӏажиев. Массовиял коммуникациязул бакӏалда гӏуцӏараб, Цифровоялъулаб министерствоялъул нухмалъулевлъун тӏамуна, гъоркьго вукӏарав министр Сергей Снегирев.\nГьединго жидерго хъулухъал цӏунана бакӏал раялъул министр Малик Баглиевасги, Культураялъул министерствоялъул нухмалъулей Зарема Бутаевалъги, транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадовасги, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовасги, лъай кьеялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъги, туризмалъул ва халкъияб махщелчилъиялъул рахъалъ министр Расул Ибрагьимовасги.\nГъоркьго букӏараб хъулухъалда тана финансазул министр Юнус Сагӏадуевги, спорталъулгун физкультураялъул министр Мухӏамад Мухӏамадовги, жидерго хъулухъ цӏунана захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министрлъун йикӏарай Изумруд Мугутдиновалъги ва юстициялъул министр Казимухӏамад Сефиркъурбановасги.\nРеспубликаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместительлъун тӏамуна Мурад Казиев. Гьединго республикаялъул хӏукуматалъул капиталиял бакӏал раялъулаб управлениялъул нухмалъулевлъун тӏамуна Мухӏамад Гӏазизов.\nЭкономикаялъулгун бакӏалъулаб цебетӏеялъул министрлъун вукӏарав Хӏажи Султановасеги цӏияб хъулухъ кьуна. Новолак районалъул халкъ цӏияб бакӏалде гочинабиялъул ва Гӏавухъ район цӏигьабун гӏуцӏиялъул суалазул рахъалъ, республикаялъул хӏукуматалда рагьараб управлениялъул нухмалъулевлъун тӏамуна гьев.\nКультураялъул нахърателал цӏунулеб ДРялъул агентствоялъул нухмалъулевлъун тӏамуна Махӏач Мусаев. Республикаялъул Гӏелмияб централъул археологиялъулгун тарихалъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулевлъун вукӏана гьев гьанжелъизегӏан.\nЖанир чӏолел рукъзабазул рахъалъ Пачалихъалъулаб инспекциялъул нухмалъулевлъун тӏамуна Сергей Касьянов.\nРеспубликаялъул ветеринарияб комитеталъул нухмалъулевлъун тӏамуна Мухӏамад Шапиев, пачалихъияб къайицӏа босиялъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулевлъун — Жафар Хӏажибеков.\nРохьил магӏишаталъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулевлъун тӏамуна Вагьаб Гӏабдулхӏамидов, тарифазул рахъалъ республикаялъул хъулухъалъул нухмалъулевлъун тана Камил Гӏалигъалбацӏов, Россиялъул президентасда цеве нилъер республикаялъул кидагосев вакиллъун тӏамуна Жамаладин Хӏасанов.\nФинансазда хадуб хал кколеб ДРялъул пачалихъалъулаб хъулухъалъул нухмалъулевлъун тасдикъ гьавуна Махӏач Ибрагьимов. Гьеб ккола цебе Финансазул министерствоялъул къайимлъиялда гъоркьги букӏун, гьанже гьелдаса батӏа тӏезабун гӏуцӏараб цӏияб хъулухъ."}
{"slug": "10456-avar-matsi-l-angutii-kami-bugo-dij", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10456-avar-matsi-l-angutii-kami-bugo-dij", "title": "«Авар мацӏ лъангутӏи ками буго дий»", "date": "2021-01-11 12:47:49", "categories": ["insan"], "text": "Амина Шахтаманова:\nЦебе гьунар бугев чи редакциялъе тӏатунаан газеталда рахъизе гьез рачӏарал асараздасан. Гьанже гьел гӏемериселго рагьула жамгӏиял гьиназул гӏатӏилъухъ. Гьениб бигьаго букӏуна ватӏавахъизе гӏакъилабги гьодорабги рагӏул чи.\nФейсбукалъ тӏатинаюна нижее, Дагъистаналъул адабияталда\nмашгьураб фамилиялъул яс, Амина Шахтаманова. Кучӏдулги, ритӏухълъи цӏехолел жиндирго бегӏерал пикрабиги, жакъасеб къоялъул захӏмалъабиги Аминаца рагьула гӏурус мацӏалда. Гӏумархӏажи Шахтамановасул вацасул лъимал Мухӏамадсултӏан ва Мурад рахъана имгӏалас нахъе тараб ирсалъул къимат гьабулеллъун, жалгоги шигӏрияб рагӏуе гьунар бугеллъун. Амина ккола, жиндир гьунаралъул хӏакъалъул, хасго бицине мустахӏикъав Мурад Шахтамановасул яс.\n«Прости, отец, горянкой я не стала,\nПлаток не красит голову мою…» гьал рагӏабаздалъун байбихьулеб буго Аминаца инсуе ракӏрагьун хъвараб кечӏ. Аминал гӏумруялде бугеб бербалагьиги, инсудехун бугеб хӏурматги, магӏарул чӏужугӏаданалда жиндирго йикӏа-яхъин релълъинчӏолъиялдаса рекӏекълъиги буго, тӏаса лъугьаян гьарулеб гьеб кочӏолъ.\nИнсуца гьелда данде жаваблъун хъвараб кочӏолъги лъун буго гьединабго хинлъи, гъваридаб магӏна. «Мун гьаюралдасаго йикӏана магӏарулайлъун» абун жаваб кьолеб буго Мурадица ясалъе. Дур гъалатӏазулъ жиндир гӏайибалъулги бутӏа бугин, гьелъул жавабчилъиги кӏияздаго бугин абулеб буго гьес ясалда.\nМагӏарулазул машгьурав шагӏирасул ирсилалда миллаталъул мацӏ щайдай лъаларебин абун ракӏалде ккезе бегьула щивасда. Гьеб буго цо чанго соналдаса нилъер наслуялъулги букӏине бегьулеб къисмат. Хӏисаб гьабун бихье, ахираб 10 соналда жаниб росабиги чӏунтизе тун шагьаралде гочанщинаб халкъалъул лъимал кинаб мацӏалда кӏалъалел ругелали? Бицунищ эбел-инсуца гьезда рахьдал мацӏ? Гӏемерисез рокъобги къватӏибги гӏурус гурони бицунаро. Лъималазе лъикӏалъе гьабулеб иш бугин гьебилан ракӏалде кколеб батила эбел-инсуда.\nИнсул миллаталъул мацӏ лъангутӏиялдаса сонал анагӏан пашманлъулей йигин жийин бицана редакциялде гьоболлъухъ ячӏарай Амина Шахтамановалъ.\nАминал эбел ккола Дагъогниялдаса даргияй. Заманаялъ ва къисматалъ хисизабуна гьезул рукӏа-рахъиналъул къагӏида, хадусеб наслуялъ бицунеб мацӏ. Гьелъул кьучӏалда бижараб батила Аминал «Тӏаса лъугьа, эмен, лъугьинчӏо дун мугӏрул яслъун» кечӏги.\n— Магӏарулазул машгьурав шагӏирасулгун гӏагарлъи букӏиналъ дудехун гӏадамазул кинабгӏаги батӏияб бербалагьи букӏунищ?\n— Шахтаманова фамилиялъул дие лъикӏлъи гуреб зарал букӏинищха. Цо нухалда Гӏумархӏажил гьудулас, имгӏаласго гӏадин кучӏдул хъваларищан цӏехон хъван бачӏана. Гьитӏинаб мехалда цо-цо кечӏ хъвалей йикӏун гурони, хъвадаризе ракӏалдего ккун букӏинчӏо. Хӏалтӏиги хъизан-лъималги ругони, шигӏрабазде чӏужугӏадан регӏилищин ракӏалде кколаан. Хӏалбихьизе бегьулин гьес абидал, лъугьунищан хал гьабуна дицаги. Хъварал кучӏдузда гъоркь дурго цӏар хъвазе бокьичӏони, чиярги хъвазе бегьулин малъана гьес. Чияр цӏаралда гъорлъ яхчаризе дица квешлъи гьабулеб гьечӏинги абун, байбихьана хъвадаризе. Диего рекӏее асар гьабулебщинаб жо къалмиде босулаан.\n— Дур гьунаралда инсуца щиб абулеб?\n— Дица кучӏдул хъвалин абураб жо инсуца гӏадахъго босулароан. Цо нухалда дицаго хъвараб кечӏ лъун букӏана Фейсбукалда, автор щивалиги хъвачӏого. Лъикӏ хъван бугин абун букӏана гьес гьеб кечӏ цӏалун хадуб. Инсуда лъалароан гьеб кечӏ дица хъвараб букӏин. Хадуб, дагьабго заманалдасан дир тетрадалда хъван гьеб кечӏ бихьидал, дуцайищин гьеб хъван букӏарабинги абун, эмен хӏикмалъун хутӏана. Дун цо унго-унго хъвадарулей гӏадан гӏадин гьес рикӏкӏинчӏо, кӏварго гьабичӏого тана.\nХадуб гьесда батӏи-батӏиял гӏадамаз бицунеб букӏун буго дур ясалъги кучӏдул хъвалел рагӏулинхаян. Гьеб мехалда гурони гьес кучӏдузул хӏакъалъулъ диргун хабарги гьабичӏо. Дуца гӏадамазда рихьилалде гьел кучӏдул къачӏазегӏаги къачӏалищанги абун, гьезул гӏунгутӏаби цӏехолаан гьес.\nМашгьурав шагӏирасул фамилия бугей гӏаданалъ пикру гьабизе кколин хъвалелъулгиян абула дида инсуца. Цин лъикӏ камилго лъазабизе кколин кучӏдул хъвалеб къагӏида, цӏикӏкӏун адабият цӏализе кколин бадибчӏвайги гьабула гьес. Дица рекӏелъе бачӏухъе хъвала кечӏги.\nКинаб букӏаниги иш гьабилалде гьеб гъваридго лъазабизе, гьелъие дандекколеб лъай щвезе цӏализеги кколин рикӏкӏуна инсуца. Цӏакъ тӏалаб бугев чи вуго нижер эмен. 45 сон бараб мехалъ дизайнерлъун цӏализе лъугьана гьев. Москваялда дизайнерлъиялъул академиялдаги цӏалун, дипломги щун, вачӏана. Инсул гӏадат буго, кинаб ишалде вуссаниги, гьеб гъваридго лъазабулеб. Тӏаса-масаго иш гьабулеб къагӏида гьесул гьечӏо.\n— Кинавлъун хутӏарав дур ракӏалдещвеязулъ Гӏумархӏажи Шахтаманов?\n— Нижер кӏудадал вац Гӏумархӏажи вукӏана аваданаб ва гьебго заманалда кьварараб хасияталъул инсан. Дие цӏакъ вокьулаан гьев, живго унеб бакӏалде, бихьинал ракӏарараб горсверулъе-цин ячунаан гьес гьитӏинай дун. Гӏемерисез абула дирги гьесда релълъараб хасият бугилан.\nДида кӏочонаро вацазул цогидал лъималаздаса Гӏумархӏажие бищунго дун йокьулей йикӏараблъи. Дидагоги ккола дир жигарги, гьабулеб ишалде гъираги гьесулалда релълъараб бугин. Дун школалда цӏалулеб мехалъ, дарсаздаса хадуй инсухъе хӏалтӏуде унаан. Гӏумархӏажиги, Москваялдаса вачӏингун, нижехъеги щолаан. Квана-гьекъолеб бакӏалдаги гьалмагъзабигун поэзиялъул, гӏумруялъул, доб заманалъул цере чӏарал масъалабазул бицунев вукӏунаан. Дунги, гьитӏинай гӏадан, кӏвар кьун гьез бицунеб жого щибдаян абун, бичӏчӏулеб ххвелги гьабун, гьезухъ балагьун чӏолаан.\n— Шахтамановасул кучӏдул магӏарул мацӏалда цӏализе гъира букӏунарищ дур?\n— Гӏумархӏажил гӏурус мацӏалде руссинарурал асарал цӏалула дица. Руссинаричӏелги цӏализе бокьиларищха, амма магӏарул мацӏ лъангутӏи буго кӏудияб гӏунгутӏи. Кӏудияй гӏунагӏан, заман анагӏан инсул рахьдал мацӏ лъазабичӏолъиялдаса ракӏбакъвазе бачӏуна. Заман анагӏан унго-унгояб, бидулъ бессараб тӏабигӏаталде юссине бокьулеб буго. Кинабго магӏарул некӏсияб тӏагӏел бокьула, авар мацӏалда кӏалъалев чи рагӏидалги гьезда рухӏдаллъун хутӏула. Хӏалтӏудаги сверухъ ругездаги гьоркьоб магӏарул мацӏ къваригӏунарин, дунял-магӏишат гьабулел рукӏун кӏвар гьечӏого толеб буго гӏемерисез рахьдал мацӏ. Кин бугониги, заман анагӏан, кинаб мацӏалда кӏалъаниги, нилъерго аслуги, гӏадат-гӏамалги чорхолъа батӏалъизабун бажарулеб гьечӏо.\n— Умумузулгун рухӏияб бухьен цӏунизе кколин абураб пикруялде кида мун ячӏарай? Дур лъималазеги ва букӏинесеб заманалдехун гьезул лъималазеги гьеб бухьен хӏажалъиладай?\n— Ахираб заманалда Дагъистаналъул антиквариатал рокьулел руго. Кинабгӏаги къайи босулелъулги нилъерго халкъазул расенал ругелде ракӏ цӏцӏала. Цебеги кинабго некӏсияб къайи бокьулаан, гьанже хас гьабун Дагъистаналъулаб бокьулеб буго. Ахираб заманалда гӏемер пикру гьабула кисадай дие гьаб ватӏаналде рокьийин абун. Цебе гьединаб жоялъул пикруго гьабулароан.\nРакӏалде ккола заман анагӏан, кӏодолъанагӏан рахьдал мацӏ лъангутӏиги дие захӏмалъизе бугин, дирго цо бутӏа камурай гӏадин йикӏине йигин.\nКъварилъи ккараб бакӏалда, зигараялъ щведал дида гьел рахьдал мацӏалда цӏакъ гъира-щавкъгун кӏалъалел рихьула. Дидаги лъалеб букӏарабани гьедин кӏалъазеян ракӏалде ккола.\nКигӏан дие бокьаниги, гьанже дир рес гьечӏо гьезда рахьдал мацӏги лъазе кколин, гьелъул къиматги гьабизе кколин малъизе. Цин дидаго лъазе ккеларищ.\n— Цогидал гӏадамаз дур кучӏдузе лъикӏаб къимат кьолеб бихьидал, щиб абулеб инсуца? Йохулищ мун социалиял гьиназда гӏадамаз лъикӏаб къимат кьеялдаса?\n— Дир кучӏдузе социалиял гьиназда «лайкал» лъун рихьидал, инсуца абула: «Гьезда киназдаго гуро поэзиялъул магӏна бичӏчӏулеб, гьединлъидал дуда ракӏалде ккоге дуца цӏакъ лъикӏаб кечӏ хъван бугин абун». Мун гьезие гӏадан хӏисабалда рекӏее гӏуралъухъ лъолеб батулин дур асаразе лъикӏаб къиматин абула гьес. Гьев хӏинкъулев ватила дун чӏухӏилин, пахрулъилин абун.\nДицагоги гьеб хӏужа цӏакъго кӏодо гьабуларо. Мун йигей цӏакъайин абун рецц-бакъалъул рагӏаби хъвалел гӏадамаздаги божун, куркьбал рижун йоржунаро. Поэзиялъулги бичӏчӏи бугел, битӏараб къиматги кьезе лъалел кӏиго-лъабго чияс лъураб «лайкалдаса» йохула дун, бокьанщинав чияс лъураб азарго «лайкалдасацин». Гьеб иш бичӏчӏулев цо чиясгицин лъикӏаб къимат кьей буго аслияб жо."}
{"slug": "10458-tsiulada-kaburab-nak-ishchal-ul-bakhcharab-giasru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10458-tsiulada-kaburab-nak-ishchal-ul-bakhcharab-giasru", "title": "Цӏулада кьабураб накъищалъулъ бахчараб гӏасру", "date": "2021-01-11 13:08:14", "categories": ["obshestvo"], "text": "Унсоколоса Мухӏамадгӏали Мухӏамадгӏалиевасулгун дир лъай-хъвай ккана кӏиго соналъ цебе Авар театралда, Рахьдал мацӏазул къоялъул хӏурматалда тӏобитӏулеб фестивалалда. Жинцаго хӏадур гьарурал ансадерил машгьурал цӏулал тӏагӏел-алаталги цере тӏиритӏун ватун вукӏана гьев. Доб мехалъ, гьитӏинабго кӏалъайги ккун, лъугӏун букӏана нижер бухьенги.\nИсана гьев вачӏана «Хӏакъикъаталъул» редакциялде. Наслабаз наслабахъе кьун, ансадерил умумузул махщел кодобе босизесев чи хутӏун гьечӏин, кан бакун валагьизе кколев вугин гьединав махщелчи жакъа-йилан пашманго бицана гьес. Пашманлъиялда расги гӏайибги гьечӏо. Советияб заманалда ссиялда букӏараб ансадерил художествияб фабрикаялда жакъа хӏалтӏулеб буго гӏицӏго цо цех. Гьебги Мухӏамадгӏалил бажариялдалъун.\nГӏанчил ишанги, гӏансаги, ражибухги\n— Унсоколо жакъа цо дун гурони гьел тӏагӏелал гьарулев устар гьечӏо, — ян байбихьана гьес нижергун гара-чӏвари. — Щибаб соналъ гӏахьаллъула батӏи-батӏиял выставкабазда, щвана 18 батӏияб пачалихъалде. Анасадерил машгьураб гӏансаги, щакъитӏелги, ражибухги, цогидал тӏагӏелалги жакъа дунялалдаго лъала.\n— Мухӏамадгӏали, тӏоцебе кида байбихьараб гьеб махщалие куцазе?\n— 1991 соналда школа лъугӏарав дун ургъулев вукӏана цӏализедай ина яги хӏалтӏидай балагьилебин абун. Гьеб мехалъ дирго гьудул-гьалмагъас абуна, рилълъайин фабрикаялде хӏалтӏизейилан абун. Гьенив хӏалтӏулев гьесул кӏудияв эмен, Мухӏамаев Гӏабдулагьги вукӏана. Исана хвана гьев мунагьал чурад. Гьес ругьун гьаруна тӏоцере махщалиеги. Тӏоцебесеб гӏанса гьабизеги гьес куцана дун. Битӏараб бицани, хӏинкъунги вукӏана бажариладай абун. Гӏабдулагьица, гьес таваккалги тӏамизабун, чанго къоялдасан ругьунлъана гӏонсода накъищ кьабизе. Гьедин байбихьана дица умумузул машгьурал тӏагӏелалгун алатал хӏадуризе. Тӏоцебесеб гӏанса дица гьабуна 18 сон бараб мехалда. Хадув дун армиялде ана. Гьениса вуссиндал, къисматалъ добго фабрикаялде вачана. Гьале 35 сон буго дир гьенив хӏалтӏулелдаса. Фабрикаялда жакъа хӏалтӏулеб буго цого-цо цех. Доб мехалда 250 чи хӏалтӏулев вукӏараб фабрикаялда жакъа цо дун гурони цӏулада накъищ кьабулев устар гьечӏо. Сапаралъ дунго араб мехалъ къан букӏуна цех.\nЦо-цо дунго хутӏараб мехалъ пикру гьабула, щайдай дие гьаб махщел рекӏее гӏагараблъун лъугьарабилан абунги. Нижер тухумалда абула Гӏанчи абун. Гьединго нижер буго Гӏанчи абун хасаб накъищги. Дир кӏудияв инсул вац вукӏун вуго Хӏасан абун бергьарав устар. Гӏанчи-Хӏасанилан абулаан гьесда. Микьабилеб классалда цӏалулеб заман букӏана дир, гьеб мехалъ хӏалбихьана дица тӏоцебе накъищ кьабизеги. Сагӏаталъ тӏадчӏун гьабураб хӏалтӏудаса хадув ругьунлъана гьелде. Гьаб устарлъиялде тӏоцересел галаби тӏамизе байбихьаралдаса нахъе анищ букӏана дир, цо лъиданиги релълъинчӏеб хасаб хатӏ бугеб дирго накъищ ургъизе. Гье-лъие пайда босизе гӏадин батана нижерго кьолбол мугьру – кӏудияв инсул вацасго ургъун букӏараб накъищ. Гьедин дирго хӏаракаталдалъун фабрикаялда гьабулеб хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизе течӏого, байбихьана устарлъи цебетӏезабизе. Заманалдасан лъай-хъвай ккана республикаялъул Халкъияб махщалил ру-къалъул нухмалъиялъулгун. Гьезул квербакъиялдалъун рес щвана батӏи-батӏиял конкурсазда гӏахьаллъизеги. Щвана Россиялъул чанго шагьаралде, гьединго, гӏемерал къватӏисел пачалихъазде. Гьелъ тӏуванго дирго творчествоялда тӏад хӏалтӏизе заманги хутӏулеб гьечӏо.\nУмумузе бергьараб Гран-При ва ансадерил устарзабаз Парижалде гьабураб кӏиабилебги сапар\n— Къватӏисел пачалихъазул гӏадамазе кинаб асар гьабураб дур махщалица? Бищунго цӏакъ кинаб тӏагӏел гьезие рекӏее гӏураб?\n— Дир хӏалтӏаби рихьидал, гьез абулеб букӏана художникас гӏадин релъабаз тӏад сурат гьабураб накъищ батилин гьебилан. Хадур гьел хӏикмалъун хутӏулаан дица квералъ ишанги кьабун гьабураб хӏалтӏи гьеб букӏин лъайдал.\nКъватӏисел пачалихъазда нилъер тӏагӏел-алатазул цӏакъго кӏудияб къимат бугин абиларо. Амма интерес бугищин абуни, буго. Цо мисалги бачинин. Исана дица тӏубараб моцӏ бана Франциялда, нилъер республикаялъул делегациялда цадахъ. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана фестиваль.\n1937 соналда гьенибго, ай Парижалда гӏахьаллъи гьабун букӏана нижер тухумалъул устарзабазги. Доб мехалъ гьениб Гран-При бергьанилан, тӏад паранг мацӏалъ хъвай-хъвагӏайги бугеб, гьениса кьураб диплом букӏана дица цадахъ босун. 80 сон ун хадуб дир хӏалтӏаби рихьидал, умумузул букӏараб махщел жеги чӏагойищин бугебилан, гӏажаиблъун кӏалъалел рукӏана гьел.\nНижер ансадерил гьаб устарлъиялъул тарих байбихьанин абула 250 соналъ цебе. Гьелдаса нахъе цебеса-цебе кьун щун буго жакъа дихъеги. Амма, битӏараб бицани, расги беццизесеб хӏалалда гьечӏо жакъасеб гьелъул къисмат. Цересел устарзаби херлъун руго, цӏияб гӏелалъулъ гьаб махщалиде ругьунлъиялъе цо кӏудияб гъираго бихьулеб гьечӏо.\nАмма дица дунго талихӏав чи-лъун рикӏкӏуна. Лъабго лъимер буго дир — кӏиго яс ва цо вас. Кӏияйго ясалъ лъугӏизабуна педуниверситеталъул художествиябгун графикияб факультет. Цояй ясалъул диплома-лъулаб хӏалтӏи букӏана, тӏад берцинаб накъищ кьабураб мельхиоралъул гьабураб ансадерил гъутухъ.\nВасас исана бала 18 сон. Дица гьев вачунаан дидаго цадахъ выставкабазде. Гьанже живго витӏула. Дагьаб цебегӏан Татарстаналъул Елабуга шагьаралда тӏобитӏараб выставкаялдаса гьев вуссана тӏоцебесеб бакӏги босун. «За креативное мышление» абураб номинациялда хасаб сайгъатги, гьединго 5000 гъурущ премияги щвана гьесие.\nИсана 29 августалда дицаго гӏахьаллъи гьабуна «Русское поле» абураб фестивалалда. Гьенив финалалде ворчӏана дунги Кубачиялдаса устарги. «Халкъияв художник» абураб номинациялда кӏиабилеб бакӏ щвана дие. 58 батӏияб регионалдаса 2000-гӏанасев чияс гӏахьаллъи гьабураб гьеб фестивалалда диего щвараб шапакъат кӏудияб бергьенлъи-\nлъун рикӏкӏуна.\nЦо гӏансаялъул балъголъи ялъуни цӏулада кьабураб накъищалъ бачунеб макъан\n— Мухӏамадгӏали, лъимерлъудасаго дида цӏакъ берцин бихьулеб сурат букӏана, магӏаруласе хасиятаб куцалъ ретӏа-къарав херав чиги, гьесухъ кодоб ккураб гӏансаги. Дида кколеб буго, цебе гӏадин, гӏунсбуздехун цо кӏудияб гъираго гьечӏин гьанже нилъер гӏадамазулилан. Мекъи ватизеги бегьула дун…\n— Ансадерил фабрикаялъул цере ккурал алаталъун кидаго рукӏана гӏансаги ражибухги. Гӏурусалъ абуни, нижер махщалил визитная карточка буго гьеб. Амма лъикӏаб гӏанса гьабизе расги бигьаяб масъала гуро. Гьеб гьабула жуламул цӏулал. Хъарахъ гӏадин бижулеб гъветӏ ккола гьеб. Лъикӏаб, бицатаб рохти лъугьине ккани, 10-15 сонги базе ккола гьелъ. Хадуб гьеб цӏан битӏараб лъугьине ккани, лъелъ лъезе ккола. Тӏад араб гъийиналъул хӏисаб гьабуни, дица абила цо гӏанса гьабизегӏан тӏугьдул жаниб лъолеб анцӏго ваза гьабизего бокьилин. Амма, кин букӏаниги, гӏунсби дица гьарула, гьезул гӏурал заказалги рукӏуна.\nТӏоцебе гӏонсода накъищ кьабизе хӏалтӏизабулеб букӏун буго белъа-раб ракьа. Рагъда хадусел соназда байбихьун буго гӏарцул накъищ кьабизе, гьелдаса хадуб — мельхиор хӏалтӏизабизеги. Мельхиоралда гъорлъги цо бутӏа гӏарцул букӏаниги, жибго гӏарцул накъищ кьабизе захӏматаб букӏуна.\n«Магӏарулал Ленинихъ» ва цо магӏарулав Путинихъ гьоболлъухъ\nНилъеда лъала, Дагъистаналдаса вакилзаби Ленинихъе ун рукӏин. Гьез цадахъ росун рукӏарал сайгъатазда гъорлъ рукӏана ансадерил щакъитӏелги гъутухъги. Гьел тӏагӏелаз асар гьабурав Лениница абун буго гьадинаб искусство киданиги хвезе бегьуларин, гьеб нахъе хутӏизе кколилан. Кутакаб ракъул заманалда вагон цӏураб тӏощелги битӏун буго гьес Дагъистаналъе. Гьеб рахӏмуяб иш кутакалда рекӏелъ хутӏана умумузда. Лениние сайгъат гьарурал ансадерил алатал музеялда цӏунун рукӏана. Заман индал, дагьал басралъун рукӏиналъ, гьел къачӏа-кӏатӏазе ккеялъул хӏакъалъулъ суал борхидал, нижер кӏиго устар ахӏун вукӏана Москваялде. Хӏалтӏи лъугӏун хадуб гьезие мухь кьолеб букӏун буго, амма гьез босун гьечӏо. Гьабураб захӏматалда рекъон, дагьаб гурони гӏарац кьечӏин жидее абун ракӏалде ккун батилин гьездаян пикруги гьабун, дагьабги цӏикӏкӏун кьезе къасд гьабидал, гьез абун буго, гьал рукӏанин нижер умумуз Лениние сайгъат гьарурал алатал, гьанже гьел къачӏаралъухъ гӏарац босизе нижер намусалъ къабул гьабуларин абун.\nДиргоги ккана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Кӏиго соналъ цебе Сочиялъул «Красная Полянаялда» букӏана выставка. Гьениб нижеца щибаб санайил гӏахьаллъи гьабулеб «Кавказский павильон» абураб бакӏ буго. Гьелъул нухмалъулес ахӏун бачӏана, «жакъа Путин вачӏине вугин выставкаялде, хех гьабун дурго тӏагӏел-алаталгун къватӏиве вахъа», — йилан. Дун божун вукӏинчӏо, кӏиабизеги гьес ахӏун бачӏиндал, вахъана къватӏиве.\nЦере тӏиритӏун дирго алаталгун вукӏана, президент вачӏиналъухъ балагьун. Лъиданиги чӏванкъотӏун лъалеб букӏинчӏелъул гьев вачӏине вугищ-гьечӏищали. Бакъинегӏан хутӏана гьенир эхетунги. Ахирги, вачӏиналдаса хьул къотӏун рукӏаго, цо заманалдасан дагьаб рихха-хочи лъугьана. «Вачӏунев вуго, вачӏунев вуго», — ян шур-шур бакана халкъалда гьоркьоб. Нижеда цебеккунго лъазабун букӏана гьесухъе кодоб кквезе щибго жо кьогейин, гьесул квер бачунгейин, кӏалъагейин абун. Дунги вукӏана сихӏкъотӏун чӏун. Вачӏинахъего нижер столалда аскӏове вачӏана гьев (нижер стол бищун цебе букӏана). Гьесда цадахъ Индиялъул премьер-министрги вукӏана.\n— Бищун гьалбал хирияб ракь нижер гьаниб Кавказ кколин, гьале Дагъистаналдаса рачӏарал устарзабазул стол, — илан нижер хӏакъалъулъ баян кьуна президентасеги гьесул гьоболасеги. Нижеда лъазабун букӏиндалха кӏиго минуталдаса цӏикӏкӏун заман гьес цо столалда аскӏоб баларин, гьединлъидал нижеда аскӏой йикӏарай таржамачӏужуялъ, кӏиго минуталда жаниб бицунеб бахъунеб хӏалалъ, кечӏ гӏадин ракӏалда чӏезабун букӏана гьезие бицинесеб хабар. Амма гьейги циндаго гьоркьой къотӏизаюн, чӏая, кин дуца гъоб абурабилан Индиялъул премьер-министрас гьелъие суал кьейдал, гьейги дагьай йихха-хочарай гӏадин лъугьун, цо лъалхъи ккана гьениб. Путин вукӏана битӏахъе дида цеве эхетун. Гьеб кинабго дагьаб халатбахъине лъугьиндал, Путиница кодобе босана цо стакан. Лъим гьекъолеб хъабаги, гьеб тӏад лъураб тепсиги, лъабго стаканги букӏана гьениб. Гьезул цоябги кодобе босун: «Гьадинаб искусство тӏоцебе бихьулеб буго», — ян президентас абидал, дицаги, гьеб лахӏзаталдаса пайдаги босун, абуна: «Хӏурматияв Владимир Владимирович, гьаб буго нижер умумузулго букӏараб махщел, наслабаз цоцахъе кьун жакъа дихъе щвараб», — илан. Бетӏерги кӏибикӏун, гьимун дие жавабги гьабун, цогидаб столалде цеве ана Путин, гьоболги цадахъ вачун."}
{"slug": "10461-bajramalda-bajram-khialtiuda-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10461-bajramalda-bajram-khialtiuda-khialtii", "title": "Байрамалда — байрам, хӏалтӏуда — хӏалтӏи", "date": "2021-01-12 06:49:25", "categories": ["obshestvo"], "text": "Инсанасул гӏумруялъе коммуналиял шартӏазул (газ, ток, хинаб ва цӏорораб лъим ва гь. ц.) бугеб кӏваралъул бицинего ккеларо. Гъваридго жанире раккани, гьеб ккола кӏудияб ва гӏатӏидаб суал. Гьеб суалалда хурхун нижеца гара—чӏвари гьабуна ДРялъул «Госжилинспекция» гӏуцӏиялъул отделалъул начальник Мухӏамад Махӏмудовасулгун.\n-Мухӏамад, Ралел бакӏазул министерствоялъ ва нужер инспекциялъ тӏуралел хъулухъазда гьоркьоб кӏудияб батӏалъи бугищ?\n— Ралел бакӏазул министерствоялъул аслияб хъулухъ ккола мина- карт баялда хурхараб политика республикаялда билълъанхъизаби. Мисалалъе, нилъер гьанир руго бацӏцӏадаб лъим чӏезабиялъул, нухал гьариялъул, школалгун ясли-ахал раялъул, гӏумру гьабизе санагӏатал шартӏал чӏезариялъул ва гь. ц. хасал программаби. Министерствоялъ ралагьула гьел тӏураялъе подрядчикал, биччала гьелъие гӏарац, хал гьабула хӏалтӏи унеб бугеб куцалъул. Буго хӏалтӏул цойги рахъ. Гӏумру гьабиялъе хӏажатал коммуналиял шартӏазул (лъим, ток, газ, хинлъи), хӏакъаб жо, рукӏине ккола гьел хӏалтӏизариялъул нормативал. Гьел чӏезарула министерствоялъ, гьезул расценкаби, тарифал чӏезариялъе буго хасаб хъулухъ (Тарифазулаб хъулухъ). Министерствоялде гьоркьобе унеб «Архстройнадзор» гӏуцӏиялъ хал гьабула киналго гӏемертӏалаял минаби раялъул.\nНижер буго халгьабиялъул, халкквеялъул хӏалтӏи, ай нижер хӏисабалда рукӏуна коммуналиял шартӏал тӏадаб даражаялда чӏезари ва гӏемертӏалаял минабазул гӏаммаб буголъи (подвал, тӏох, фасад ва гь.ц.) букӏине кколеб хӏалалда цӏуни. Цойги. Щибаб лъагӏелалъ, июль моцӏалда хира гьабула коммуналиял шартӏазул багьа. Буго жиб-жиб регионалъе бихьизабураб гьелъул бищун тӏадегӏанаб индекс, исана нилъер гьаниб гьеб букӏана 5.2 процент. Гьелдаса тӏаде ине бегьуларо багьаби, гьелъул халгьабиги ккола нижер хӏалтӏи. Жакъа къоялда Дагъистаналда буго бан лъугӏараб, гӏадамаз жаниб гӏумру гьабулеб, амма законалъул тӏалабазда рекъон жеги къабул гьабичӏеб 400-гӏанасеб гӏемертӏалаяб мина. Мина хӏалтӏизе биччаялъул акт къабул гьабун хадуб гурони гьединал минаби нижер тӏалабалда гъоркье кколаро.\n-Нужехъе рачӏунел гӏарзазул хаслъи лъагӏалил сезоналда бараб букӏунищ?\n— Риидал аслиял масъалаби рукӏуна цӏорораб лъим гьечӏолъиялда, гьелъул къуват гӏунгутӏиялда ва халатккун ток гьечӏого хутӏиялда хурхарал. Хасало, минаялда хинлъиги жеги кьечӏеб заманалда гӏадамаз байбихьула токалъул алатал хӏалтӏизаризе ва гьелда бан гӏемерлъула ток гьечӏого хутӏиялъул хӏужаби. Гьебго заманалда, ралел цӏадазул ва биунеб гӏаздал хӏасилалда тӏохаз биччала лъим, минабазул ахирал тӏалаязда цӏикӏкӏуна гӏеккей (гьебго букӏуна ихдалги). Кьиндал гӏемерисел суалал рукӏуна хинлъиялда (отопление) сверухъ. Законалда рекъон рокъоб жаниб 18 градусалдаса дагьаб хинлъи букӏине бегьуларо. Дир пикруялда, гьеб битӏараб гьечӏо, парахатаб рукӏа- рахъиналъе 22-24 градусалдаса гӏодобегӏан хинлъи букӏине бегьуларо. Гьелда сверухъги камуларо цо-цо дандеккунгутӏаби.\n-Ахираб заманалда цӏакъго гӏемер бицуна шагьаразул (хасго тахшагьаралъул) тӏурарал районал ток гьечӏого хутӏиялъул, гьекъолеб лъим цӏакъго чороклъиялъул.\n— Токалъул гьел масъалаби нилъер гьанир руго церегоялдаса нахъе, гьезда хурхун хъвачӏел кагъталги, гьаричӏел акталги, гӏуцӏичӏел коммиссиялги хутӏун ратиларо, амма хӏасил кинго кколеб гьечӏо. Гьелъие буго гьадинаб гӏилла. Токалъул щибаб трансформаторалъул буго жидерго къуват, гьелда рекъон кьезе (баччизе) кӏолеб токалъул къадарги. Гӏемерисел трансформаторал руго заман арал (гьел хиси ялъуни цӏиял лъей энергетиказда тӏаде кколаро, гьеб буго бакӏалъулал администрациязул хӏалтӏи), амма гьезда сверухъ ва аскӏор ралелго ралел руго гӏемертӏалаял минаби. Гьединаб хӏал бугебгӏан заманалда токалъул рахъалъ низам букӏине рес кинго гьечӏо. Лъим цебехунги чороклъичӏого букӏунароан, амма халатккун рарал цӏадазул хӏасилалда гьеб суал гьал моцӏазда цӏакъго хӏалуцана. Лъел мухӏканаб, чӏванкъотӏараб чороклъи-бацӏцӏалъи чӏезабула Роспотребнадзоралъ, гьелъул хӏукмуялда мугъчӏвайги гьабун гурони нижеда кӏоларо лъел хъулухъаздаса щибниги тӏалаб гьабизе. Чорокаб лъехъ гӏарац кьезе кколаро, амма гьелъие кьучӏлъун рукӏине ккола санитариял хъулухъазул хӏукму ва нижер идараялъул тӏалаб. Исана бищун чорокаб лъим букӏана Каспийск ва Избербаш шагьаразда, гьединлъидал, гьел шагьаразда 17 ноябралдаса 23 декабралде щвезегӏан бугеб болжалалда гӏадамазухъа лъехъ босараб гӏарцул гьабизе буго перерасчет.\n-Киналго конторабиги хӏалхьиялда ругел январалъул гӏодоркъоязда ккани коммуналиял хъулухъазда, гьез чӏезарулел шартӏазда хурхарал квекӏенал, щиб гьабизе кколеб гӏадатияв чияс?\n— Киналго контораби гӏодор рукӏаниги, дуца рехсарал суалал тӏуралел хъулухъаз тӏубала тӏадаб хӏалтӏи. Гьел киналго гӏуцӏиязул руго байрамкъоял — гӏодоркъоял ратӏа рахъичӏого хӏалтӏулел авариязулгун диспетчерлъиялъул хъулухъал. Гьезда хадуб халкквей гьабула нижецаги. Щибаб шагьаралъул администрациялъулги руго гьединал хъулухъал. Нижер гьанибги чӏезабун буго сордо-къоялъул дежурство, гьанир рукӏуна нижер инспекторал, буго кидаго хӏалтӏулеб, кӏалъай-гӏарза хъвалеб телефон (63-09-37). Нагагьлъун гьел къоязда (батӏалъи гьечӏо цогидал къояздаги) ккани кинаб бугониги лъугьа — бахъин (авария ва гь.ц.), кӏалъазе бегьула гьел шартӏал чӏезарулел гӏуцӏабазде (горгаз, водоканал ва гь.ц.), гьениб хӏасил ккечӏони, шагьаралъул номералде ва гьелда цадахъго нижехъеги. Жаваб кьечӏого гьединаб гӏарз нижеца толаро."}
{"slug": "10464-k-varil-iyal-tsol-izaruna-va-k-vakiizaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10464-k-varil-iyal-tsol-izaruna-va-k-vakiizaruna", "title": "Къварилъиялъ цолъизаруна ва къвакӏизаруна", "date": "2021-01-12 10:24:52", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Цӏияб соналда цебе нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгӏиябги гӏумруялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватӏир ругел цо-цо миллатцоязулгун.\nКинаблъун нужеда ракӏалда чӏараб 2020 сон абураб суалалда тӏасан ккана нижер хабарги.\nХизри Абакаров, ДРялъул Пачалихъияв секретарь:\n— Нилъее киназего 2020 сон кутакалда захӏматаб, хӏалуцараб букӏана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъго бетӏергьанаб щибаб жоялъул къимат гьабизе — сахлъи батаниги, заман батаниги.\nАмма къварилъиялъ цолъизаруна, къвакӏизаруна нилъ. Гьелдаго цадахъ пандемиялъ тӏатинаруна лъикӏаздаса лъикӏаб гӏамалалъул нилъер ракьцоял. Мисалалъе росилин волонтерал. Къо ккедал, больницабаздаги хӏалтӏана гьел, мискин-пакъирал, язихъал херазухъе, унта-щокъазухъе, лъимал гӏемерал хъизамазухъе рокъо-рокъореги хьвадана гьел.\nБатӏаго баркала кьезе бокьун буго рухӏалда барахщичӏого хӏалтӏарал медицинаялъул хӏалтӏухъабазе.\nГьединго рехсечӏого кин телел кигӏан захӏматаб заманалдаги гӏаданлъи чорхолъа тӏагӏинчӏел, сахаватал, рахӏмуял ракӏазул нилъерго гӏадатиял гӏадамалги.\nЦӏияб соналда Аллагьас рекъелги, парахалъиги, сабруги, сахлъиги кьеги щивасе. Хадубккунги нилъее бищун хӏажатаблъун букӏине ккола цоцаздехун бугеб божилъиги, рокьиги, цоцазул тӏалаб гьабиги.\nГӏалибег Гӏалиев, ришватчилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб управлениялъул нухмалъулесул заместитель:\n— 2020 соналда дунялалдаго хӏинкъи ккезабуна щибаб рокъобе гӏадин бачӏараб макруяб вирусалъ. Хабар-кӏалалъе тӏаде-гъоркье, бертабалъе зигараялъ ун, цоцазул кверал росизе бегьулареб бакӏалде ккезаруна гьелъ нилъ.\nУнтана ва нилъедаса ратӏалъана гӏемерал чагӏи. Гьанжеялдаса хадубги щиб ккелебали лъаларо. Аллагьас цӏунаги.\nАмма щибаб жоялъул рукӏунел ратила квешалги лъикӏалги рахъал. Гьединлъидал гьеб вирусалъ цоги нухалда бихьизабуна нилъер халкъалъул рухӏияб рахъ – балагь тӏаде бачӏиндал, гӏадамал цоцазе хӏалае рахъунеб куц. Битӏараб бицани, хъулухъчагӏазда, хӏакимзабазда дандеккун, доб мехалда гьеб унтуда данде къеркьезе гӏадатиял гӏадамаз гьабураб хӏалтӏи цӏикӏкӏараб букӏана. Щайин абуни, вирус тӏибитӏунгутӏиялъе хӏукуматалъул рахъалдасан гьабулеб хӏалтӏи унго- унголъунги рагӏа-ракьанде щвараб букӏинчӏо. Масала, рокъо-рокъоре щун, унта-щокъал чагӏазул хал гьабиялде, жеги гьеб гӏузру тӏаде щвечӏел чагӏазе малъа-хъваял гьарун, гьел кантӏизариялде кӏвар кьечӏолъиялъул ва цогидалъул бицунеб буго дица.\nПачалихъалъул гӏарцуда лалги тӏамун, цӏогьодизе бокьулел ва цӏогьодизе лъалел цо-цо хӏакимзабаздасаги цӏикӏкӏун кумек щвана республикаялдаги, Москваялдаги, цогидал шагьараздаги ругел ракьцоязул.\nГьелъие бищунго лъикӏаб мисаллъун бачине бегьула Шангъодаса МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас гьабураб чӏаголъи. Тохтурлъун хӏалтӏулаго гӏумру арай эбелалъул гьариялда рекъон, улкаялдасаго тохтурзаби къабул гьаруна гьес живго бетӏергьанаб «Къункъраби» комплексалда.\nМухӏамадил тӏолабго хъизан, гӏага-божарал рахъун чӏун рукӏана гьеб акция ахиралде щвезегӏан. Хӏукуматалъул рахъалдаса дунги вукӏана гьениве вакил гьавун. Гьединлъидал дида бихьана гьениб букӏараб жо. Кинабго квен-тӏехги дару-сабабги чӏобого чӏезабун, лъимал гӏадин хьихьанин абизе бегьула Мухӏамадил комплексалде рачӏанщинал. Россиялъул киналго регионаздаса медикал рукӏана гьенир.\nГьениса нахъе унелъул, рохалил магӏил цӏун рукӏунаан гьезул берал. Амма дица рагьун абулеб буго – хӏукуматалда бичӏчӏичӏеб акция ккана гьеб.\nДир кӏудияб хьул буго республикаялъул цӏияб хӏукуматалъ гьединал гъалатӏал такрар гьариларин абураб.\nРеспубликаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги, хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасги, пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровасги байбихьарал халкъалъе пайдаял ишал нилъеда рихьулел руго. Мунагьал чураял вацал Набилгун Хӏасанхӏусенил эбел-эмен, Муртазагӏалигун Патӏимат, къабул гьаригицин гӏеларищ. Зама-заманалдасан Муртазагӏали вихьулев вукӏиндал дида аслияб майданалде вахъун.\nГьединго С. Меликов щвана сакъатал, гӏажизал лъимал хьихьараб «Забота» интернаталдеги. Гьебги гӏеларищ гьесул гӏаданлъи бихьизабиялъул мисал рехсеялъе?\nЦересел нухмалъулезул яги хъулухъчагӏазул щал гьел лъималазухъе арал? Гьелъул гӏаксалда, гьезул цо- цояз жидерго дачабазда хӏалтӏизе тӏамулел ратун, дица ахӏи-хӏур бахъинабун букӏана «Заботаялда» сверухъ. Федералияб телеканалалдасанги бицана гьелъул хӏакъалъулъ. Амма дида тӏасан мацӏал гьаризе ДРялъул бетӏерасухъе хьвадулел рукӏун руго цо-цо чиновникал. Жакъаги руго гьел Меликовасда сверухъ.\nНилъее хӏажат буго бацӏцӏадаб хӏукумат. Гьедин бугони, тӏалъиялде халкъалъул божилъиги цӏикӏкӏуна.\nЛъикӏаб хъван батаги! Хваразул мунагьалги чураги, нахъе ругезе парахатаб гӏумруги кьеги!\nХатимат Мирзоева, Махӏачхъалаялъул 8—абилеб лицеялъул авар мацӏалъул мугӏалим:\n— Исана киназего гӏадатияблъун букӏинчӏо гьаб сон. Дунялалдаго тӏибитӏараб коронавирусалъ халкъалъулго гӏумруялъулъ гӏемерал хиса-басиял ккезарун, хӏалтӏулъ, рукӏа-рахъиналъулъ, ай сундулъго жиндирго лъалкӏ тана гьелъ.\nБигьаяб букӏинчӏо исанасеб сон нижее, мугӏалимзабазеги. Школаги мугӏалимзабиги гьелде хӏадурго рукӏинчӏолъиялъги батила, захӏматго букӏана онлайн-низамалда лъималазе дарсал кьезе. Эбел-инсуеги букӏана гьелъул гӏураб захӏмалъи. Хасго нилъер республикаялда, кӏиго-лъабго лъимал гьечӏеб хъизан къанагӏат гурони гьечӏеб мехалда, бигьаго букӏинчӏо дистанциялъулаб къагӏидаялъ лъималазе дарсал кьезе.\nГьединлъидал абила бищунго мугӏалимзабазе захӏматаблъун букӏанин исанасеб сонилан. Щиб гьабилеб, нилъеда бихьизе хъвараб чияда бихьуларелъул, нилъ кантӏизе, аралъулги букӏинеселъулги пикру гьабизе ругьунлъилародайин, Аллагьас бихьизабураб жо батила нилъеда гьаб.\nКъварилъиялдаса хадуб гӏатӏилъи камуларилан аби буго умумузул. Кидаго пашманлъиги рекӏелъ ккун рукӏинчӏого, чӏаго рукӏиналде Бетӏергьанасе щукруги гьабун, дандчӏвай гьабизе ккела киназго Цӏияб соналда.\nБалагьал гъорлъа камураб, рахӏматгун нилъер щивасул рокъобе рещтӏунеб батаги. Гӏадамазул рекӏелъа ургъелалги чорхолъа унтабиги лъугӏаги.\nБаракатаб, рохалилаб батаги цӏияб 2021 сон.\nУма Хӏайбулаева, «Lezginka Dance Fazu» абураб, нилъер маданият машгьур гьабулеб ассоциация Парижалда гӏуцӏарай, Тӏиндиса магӏарулай:\n— Исана коронавирусалъ тӏуран кӏичӏикье рачана киналго. Сон- церекъад вачӏарав тохтур вукӏана бицунев, Франциялда, гӏадамазул 25 проценталъул депрессия бугилан. Гӏемер рокъор чӏеялъ цоцада рихун, гӏезегӏан руго ратӏалъарал рос- лъадицин.\nНижги руго кирениги рахъине ресги гьечӏого. Репетициял гьаризецин бажаруларо. Жидее кьурдизе бокьун бугилан зигардулел лъималги руго. Гьаниб, Франциялда, цӏакъ кьварарал тӏалабал руго гьеб рахъалъ. Маскаби ххечӏого къватӏире рахъани, кӏудиял гӏакӏабиги къотӏула.\nУмумузул кьурдаби рихьизаризелъун Европаялъул улкабазда тӏоритӏулел фестивалаздаги концертаздаги гӏахьаллъулел рукӏарал нижер лъималги дунги рокъор чӏезаризе коронавирусалда гурони кӏвечӏо.\nХасго гьаниб, Европаялда, лезгинка кьурдул гьабулеб къимат бихьидалги цӏакъго бокьула батӏи-батӏиял тадбиразда цере рахъине. Цогидаб мехалда залалда хъуй яги чӏамучӏлъи букӏуна. Нижер лъимал цере рахъунелъул, боржунеб тӏотӏолцин сас рагӏуларо.\nЕвропаялда ругел магӏарулазул лъималазда авар мацӏ малъизе онлайн-дарсалги гӏуцӏун руго нижеца.\nКарантиналъул бицунаго, гьелъул цо лъикӏаб рахъги рехсезе ккола. Ниж кидаго хӏалтӏуда, лъимал цӏалуда рукӏун, рагӏа-ракьанде щун как балеб куц малъизе бажарулеб букӏинчӏо. Талихӏалъ, гьанже батана гьелъие заман. Ниж ругеб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда гӏумру гьабулей ятана мажгиталда хӏалтӏулей гӏадан. Гьеле гьей сабаблъун лъималазда как базеги Къуръан цӏализеги лъана. Гьелдаса рохун нижги руго.\nЗайнаб Гӏалиева, Цӏумада районалъул Гъоркь—Гьаквари росулъа филологиял гӏелмабазул кандидат, мацӏалъул, адабияталъул ва искусствабазул институталъул бетӏерай гӏелмияй хӏалтӏухъан:\n— Дун ккола чӏамалай, дир аслияб хӏалтӏи ккола хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул гӏелмиял цӏех-рехал гьари. Къватӏибе бачӏана «Словообразование в чамалинском языке» абулеб тӏехьги. Бачӏунеб соналъ къватӏибе бачӏине буго чӏамалазул мацӏалъул фразеологияб словарь. Гьединго басмаялда бахъизе хӏадурун руго «Описательный очерк грамматики чамалинского языка» абулеб тӏехь, институталъул гӏелмияб советалъ гьелъие лъикӏаб къиматги кьуна.\n«Дагъистаналъул хъвай-хъвагӏай гьечӏел ва тӏагӏун унел ругел мацӏал» абураб гӏелмияб докладгун цее яхъана Турциялъул Ардахан шагьаралда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб гӏелмияб конференциялда. Жигараб гӏахьаллъи гьабуна гьединалго темабазда тӏасан Гуржиялда ва Северияб Кавказалъул республикабазда тӏоритӏарал гӏелмиял конференциязда. Дица кӏвараб жигар бахъулеб буго дирго гӏагараб чӏамалазул мацӏ цӏунизе.\nРакӏалда буго бачӏунеб соналъ «Чӏамалазул мацӏалъул лексика» абураб темаялда тӏасан докторлъиялъулаб диссертация цӏунизе.\nДагьабго хьул буго, бачӏунеб соналъгӏаги, тӏадчагӏаз гӏадатиял гӏадамазе лъикӏлъи гьабилин, хӏакимзаби халкъалъул къварилъиялде кваранаб бералдалъун балагьилин абураб.\nРакьалда лъикӏлъи бекьизе тавпикъ кьеги киналго магӏарулазе.\nИслам Нургьудаев, Буйнакск шагьаралъул мэр:\n— Исана сон батӏаго квешаб букӏинчӏо. Гӏемер хӏалтӏиги гьабуна шагьаралда. Цебе гӏадаб ахӏи-хӏурги гьаниб гьечӏо. Аллагьасе рецц, шагьаралда парахатаб хӏал буго.\nЦоцаздехун разилъи гьечӏолъи букӏарал гӏадамалги ракӏарун, гӏолел- гӏоларел рахъалги дандран, бицана, бичӏчӏизабуна, маслихӏат гьабуна.\nГьанже ниж киналго шагьаралъе, гӏадамазе гӏоло хӏалтӏулел руго.\nГьекъолеб лъел рахъалъ букӏана масъала. Гьебги тӏубалеб буго. Кӏиго миллиардалде гӏагарун гъурщил багьаяб проекталъулабгун сметаялъул документация гьабуна. Гьелда рекъон, Чӏикӏаб хӏорихъа Буйнакскиялде лъезе буго лъел рогӏоро.\nДАССРалъе автономия кьуралдаса нусго сон тӏубаялъул байрамалдеги хӏадурлъулел руго ниж. Гьелда хурхун 19 январалда Буйнакскиялда тӏобитӏизе буго кӏудияб тадбир.\nАпсалудин Ахӏмадов, Томскиялда ругел Цӏоралъул магӏарулазул диаспораялъул нухмалъулев:\n— Къисматалъ Азербайжаналъул ракьалда гӏумру гьабурал чагӏи ругониги, нижер ракӏал Дагъистангун рукӏуна. Гьединлъидал дицаги дир гьалмагъзабазги ратӏа гьаруларо Цӏоралъулги Дагъистаналъулги магӏарулал – би цо, бо цо бугелъул.\nНижер гӏуцӏиялъ гъорлъе рачуна 50 шагьаралда гӏумру гьабун ругел магӏарулал.\nЗакаталаялда, Белоканалда гӏумру гьабун вуго 150 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун миллатцояв.\nГьезул гӏемерисел рикь-рикьун руго Бакуялда, Россиялъул регионазда. Гьезда гъорлъ дагь гьечӏо кумек хӏажатал гӏадамал. Гьедин, зама-заманалдасан нижеца бакӏарула гьезул хӏажалъаби тӏуразе гӏарац.\nМугӏрузул Гъарабагъалда шагьидлъана гӏезегӏан нилъер (магӏарул) солдаталги. Гьанжегӏагар нижеца кумек хӏисабалда нусазаргогӏанасеб гъурущ битӏана гьеб рагъда васал чӏвараб 18 хъизамалъе. Лъукъарал солдатазеги гьабуна кӏвараб кумек.\nИсана бищунго хӏалуцараб моцӏлъун декабрь букӏана. Масала, 27 декабралда щуго тадбир тӏобитӏана — футболалъул къецал, лъималазул рукъалъе садакъа кьей, миллиял кьурдабазул, кучӏдузул церерахъинал. Лъагӏалида жанир тӏоритӏана мавлидал, чотӏахъабазул тадбирал, эбелалъул къо, садакъаби кьола бесдал хутӏарал яги эбел-инсуца рехун тарал лъималазул рукъзабазе, ясли-ахазе.\nНижерго диаспораялъ гурелги, Томскиялда ругел цогидал жамгӏиял гӏуцӏабаз гьарулел тадбиразулъги гӏахьаллъула ниж.\nПалхӏасил, нижеца киналго тадбирал гьарула Дагъистаналъул байрахъалда гъоркь, кинабго бухьинабула умумузул маданияталда, рукӏа-рахъиналда.\nАмма анцӏгогӏан соналда жаниб Дагъистаналъул хӏукуматалда нижергун хурхен гьабулев, нижер диаспораялде кӏвар кьолев чи вахъинчӏо. Гьелда бан цо-цо разилъи гьечӏолъи загьир гьабулел чагӏиги рукӏуна.\nКин букӏаниги, хӏалтӏи гьабичӏого толаро. Хьул буго цӏияб хӏукуматалъ нижергун бухьен гьабилилан абурабги.\nКамал Салманов, агротуризмалъул рахъалъ эксперт, блогер:\n— Гӏезегӏан чагӏазе экономикиялги, гӏага-божаразул рахъалъги кӏудиял камиял ккана 2020 соналда. Амма, Аллагьасул талихӏалъ, нижер хъизан гьелдаса цӏунун хутӏана.\nКарантин букӏиналъ, июналде щвезегӏан нилъехъе туристал рачӏунел рукӏинчӏо. Амма гьелдаса хадуб байбихьана туристазул сезон. Гьелъ нижее бецӏана, чӏун хутӏиялдалъун ккараб, дагьа-макъабго заралги.\nЦересел соназда къватӏисел улкабаздасаги рукӏунаан туристал. Амма исана сон гьадинаб бачӏиндал, саламатаб квалквал ккана. Гьанже, ай цӏияб соналъул 1 январалдаса нахъе 54 улкаялъул гражданинасе рес буго нилъехъе онлайн-визаялдалъунги рачӏине.\nРеспубликаялъул даражаялда босани, дие кутакалда асар гьабуна Сергей Меликовас Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов тӏаде къабул гьавиялъ.\nКоронавирусалда данде къеркьолел медицинаялъул хӏалтӏухъаби камиги захӏмалъана. Нилъер гӏадаб гьитӏинаб республикаялъе гӏезегӏан кӏудияб балагь буго гьеб.\nРуслан Хӏамзатов, Болъихъ районалъул нухмалъулев:\n— Дида гьаб лъагӏел ракӏалда чӏана чӏахӏиял хиса-басиязулги хӏалбихьиязулги сон хӏисабалда.\nКутакалда асар гьабуна бищунго захӏматаб заманалда цолъизе, кумекалъе рахъине нилъер гӏадамазул бугеб гӏамалалъ. Масала, коронавирусалъ загьирлъизабуна гьезулъ гьеб хасият. Дунялалда киса-кибго гӏадин, нижер районалдаги гӏунгутӏи букӏана дарабазулги медицинаялъул къайи-цӏаялъулги рахъалъ.\nГьеб вирусалъ нижер гӏезегӏан чи унтана ва хвана.\nГьеб мехалда дица ракьцоязде хитӏаб гьабуна захӏматаб ахӏвал- хӏал бугилан. Кӏалдиса ккун бахъиналдего, анлъго миллионалде гӏагарун гъурущ бакӏарана районалда ва гьеб бахун къватӏир гӏумру гьабулел районцояз. Гьеб харж гьабуна рокъо-рокъор регарал унтарал сах гьариялъе. Гьелде тӏадеги, жеги чанго тонна кванил нигӏматазулги бакӏарана.\nКумек гьабизе къваригӏарал чагӏи гӏемер кӏалъан, дир телефон чӏараб заман букӏинчӏо доб мехалда.\nКутакалда лъикӏаб гӏамал буго дагъистаниязул гьеб – цоцалъ гъунки, чияр къварилъи жидерабголъун къабул гьаби.\nГьелдаго цадахъ абила, районалъул бетӏерасул хъулухъалде дун тӏамилин абураб пикру ракӏалде ккунцин букӏинчӏо. Чанги ратила дидасаги гӏезегӏан бажари бугел чагӏи… Ригьалъ гӏолохъанав вукӏаниги, бихьулеб буго дидехун гӏадамазул божилъиги хьулалги рукӏин. Гьединлъидал, районалъул бетӏер хӏисабалда, гьезул рукӏа-рахъин, гӏумру киндай лъикӏлъизабилебин абурал пикрабазда вукӏуна дун. Хӏисаб гьабуни, гӏезегӏан кӏудияб гьирги ккола гьеб.\nЦо-цояз абула, районалъул бетӏерлъуде мун гӏезегӏан захӏматаб заманалда кканилан. Дир хӏисабалда, гьедин кутакалда лъикӏ ккана. Дирги цогидазулги хӏалбихьулеб мехлъун тезе бегьула гьеб. Щайин абуни, унго-унголъунги жиндаса гӏадамазде пайда бахине бокьарав чиясе щвараб рес гӏадаб жо буго районалъул бетӏерасул хъулухъ.\nТалихӏалъ, гьанжелъизегӏан гӏадамаздаса дун нечараб жо ккечӏо.\nЩивасул жиде-жидер бербалагьи букӏуна лъугьа-бахъунелдехун. Гьединлъидал долъул-гьалъул хӏисаб гьабичӏого, нилъедаго тӏадаб хӏалтӏи гьабизе ккола. Масъалабиги нижер районалда цогидал бакӏаздаго гӏадал руго, гьабин абун, цо хасаб суал гьечӏо.\nДидаго сверухъ кӏванагӏан гӏолохъанал махщелчагӏи ракӏаризеги ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани. Кин бугониги, гӏолилазул рекӏелъ цӏа букӏуна, хӏалтӏул къо кидадай лъугӏилаян сагӏтихъ балагьулеб гӏамалги гьезул букӏунаро."}
{"slug": "10498-zhamgiiyatal-ul-mas-alabi-zhurnalistazulgun-dandrana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10498-zhamgiiyatal-ul-mas-alabi-zhurnalistazulgun-dandrana", "title": "Жамгӏияталъул масъалаби журналистазулгун дандрана", "date": "2021-01-18 08:08:59", "categories": ["obshestvo"], "text": "12 январалда ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов данд чӏвана республикаялъул журналисталгун.\nБайбихьуда гьес гьезда баркана 13 январалда Россиялда кӏодо гьабулеб печаталъул къо. Бицана жамгӏияталъул гӏумруялъулъ журналистазул хӏалтӏул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Хасго гьанже, пандемиялъул заманалда, якъинго бихьулеб бугин абуна гьеб (цӏияб унтудаса хӏинкъараб халкъ бихха-хочичӏого букӏиналъе, вирусалъул ва гьелда данде чӏун тӏалъиялъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги битӏараб информация кьезе кӏудияб хӏаракат бахъанин журналистаз).\nМеликовасул ракӏ рекъон буго Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялъул тадбиразул хӏакъалъулъ журналистаз бицараб къагӏидаялдаги.\nГьанже ДАССР гӏуцӏаралдаса нусго сон тӏубаялъулги гьединго бицине ккелин абуна. Исана сон лъазабун буго Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тӏубаялъул лъагӏеллъунги.\nШапакъатал\nРоссиялъул прессаялъул къоялда хурхун тӏобитӏараб дандчӏваялда С. Меликовас шапакъатал кьуна цо-цо журналистазе.\nГьеб щваразда гьоркьой йиго «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги.\n«Дагъистаналъул жакъасеб журналистика цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏаялъухъ ва махщалилъ загьирлъарал тӏокӏлъабазухъ» абун хъван буго Меликовасул гьелъие кьураб Баркалаялъул кагътида.\nРеспубликаялъул бетӏерасул ишал тӏуразарулес хӏисабалде босун буго коронавирусалда данде гьабураб къеркьеялъулъ журналист хӏисабалда Ш. Хъазанбиевалъ тӏубараб налъи.\nГьедин «Баркала, тохтур» абураб рубрикаялда гъоркь бащдаб лъагӏалидасаги цӏикӏкӏараб заманалъ газеталда рахъана Хъазанбиевалъ хъварал макъалаби. Гьелъ гьениб бицунеб букӏана тӏубарал моцӏаз «Красная зонаялда» хӏалтӏарал нилъер тохтурзабазул хӏакъалъулъ.\nНижецаги ракӏ-ракӏалъ баркула Шамайида шапакъат, гьарула хадурккунги жеги тӏадегӏанал бергьенлъаби.\nРукъзабаздаса махӏрумлъарал\nДанделъи ана журналистаз суалал ва Меликовас жавабал кьун.\n«Дагестанская правда» газеталъул бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъ гьикъана ракьуда сверухъ гӏемераб дагӏба-рагӏиги кколеб бугелъул, пачалихъияб кӏваралъул ракьазул суал цойиде ккезабулеб комиссиялда гъорлъе журналисталги рачине бегьуларищин.\nГьелъул суал бухьараб букӏана гьанжего-гьанже рарал гӏемертӏалаял минабазул рукъзал ричун росулел цо-цо гӏадамал бизнесменаз махсараде кквеялда хурхараб. Гьедин гӏарцудасаги рукъзабаздасаги ратӏалъун гӏадамал хутӏарал хӏужаби улкаялдаго гӏемерлъун ругин абуна Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьеб суалги гьоркьоб лъун, жидеца кватӏичӏого кӏудияб данделъи тӏобитӏизе бугин лъазабуна гьес.\nМоскальковагун данд чӏвазе хӏадур вуго\n«Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул бетӏерав редактор Рамазан Ражабовас борхана туснахъ гьавун вугев «Черновикалъул» журналист Гӏабдулмуъмин Хӏажиевасул суал.\nСергей Меликовас абуна жинда лъаларила гьев журналист яги гьесда хурхун гьабураб уголовнияб делоялъул хӏакъикъат. Гьединлъидал гьеб ишалда бан щибго абизеги кӏоларин. Амма гьелда хурхун инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ РФялда йигей вакил Татьяна Москальковалъул пикру лъазелъун, гьейгун дандчӏвазе хӏадур вугила жив.\nТерроризмалъе гӏарац бакӏариялда щаклъиги ккун, закон цӏунулез Гӏабдулмуъмин Хӏажиев туснахъ гьавуна 2019 соналъул июналда. Журналист абуни, жиндего гӏунтӏизабулеб бугеб гӏайибалъе мукӏурлъулев гьечӏо.\nКадрабазул хӏакъалъулъ\n«Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовасул суал букӏана цӏияб хӏукуматалда хӏалтӏулел чагӏазда хурхараб.\nХъулухъазда тезе гӏадамал гьедигӏан гӏемер гьечӏин абуна Меликовас. Проектаздаги конкурсаздаги бергьарал гӏадамазда тӏадкъазе ругила батӏи-батӏиял ишал, ай гьезул хӏалтӏул хӏалбихьиялъухъги балагьун. Цӏирищарал министразеги вице-премьеразеги ихтияр кьун рагӏула жидеего хӏалтӏухъаби жидецаго тӏаса рищизе. Гьединго, гъоркь рукӏарал хъулухъчагӏи цӏи рачӏараз нахъе ритӏиялъул хабарги гьечӏин баян гьабуна республикаялъул бетӏерас.\nТаркиялдаса наркоманазул хӏакъалъулъ\nГьал къоязда Тарки поселокалда кӏиго гӏолохъанчи чӏваялъул бицунаго, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовас абуна гьанжеялдаса хадуб республикаялда кьваризабизе бугила наркотикал хӏалтӏизариялда ва изну гьечӏого гьел рича-хисиялда данде къеркьей.\nДРялъул бетӏерас лъазабуна метерсезе наркотиказда данде къеркьеялъулаб комиссиялда гьоркьоб лъезе бугила гьеб суал. Гьес гьениве ахӏизе вуго «Трезвая Россия» абураб жамгӏияб багъа-бачариялъул нухмалъулев Султан Хӏамзаевги.\nГъоркьиса 29 декабралда хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда Сергей Меликовас какун букӏана гьеб комиссиялъул хӏалтӏи. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабулебги бицунебги данде кколеб гьечӏо, гьеб кӏиялдаго гьоркьоб кӏудияб кӏкӏалги буго.\nТаркиялда наркотиказул масъала баккаралдаса гӏезегӏан сонал руго. Амма поселокалъул гӏадамазги диниялгун жамгӏиял церехъабазги ахӏи баниги, гьеб суалалде букӏине кколедухъ кӏвар кьун гьечӏо гӏадлу-низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз. Тӏадежоялъе, гӏадамал щакдарилел руго наркотикал рича-хисиялъе квербакъи гьабулезул аслияв чи полициялъул хӏалтӏухъан вукӏиналдецин.\nАхӏвал-хӏал хӏехьезе кӏвеялдаса индал, росдал гӏолохъаби рахъун руго наркоманаздеги гьел ричулездеги данде.\nЦӏияб соналъул тӏоцересел къоязда гьенив чӏвана Вали Гӏабдурахӏимов абулев гӏолохъанчи. Гьеб такъсиралъул цӏех-рех гьабизелъун нахъисел къояз данделъарал гӏолохъабазда гьоркьоб рагъги ккун, гьел ратӏа гьаризе лъугьарав Керим Хайрулев абурав гӏолохъанчиги чӏвана гьенив.\nГьелдаса хадув туснахъ гьавуна Гӏабдурахӏимов чӏваялъе мукӏурлъарав Жамалудин Болатханов. Жинхъа лъачӏого туманкӏ кьвагьун анин бицана гьес полициялъе.\nПалхӏасил, гьеб ахӏвал-хӏалалда хадуб Таркиялъул жамагӏаталъ хӏукму гьабуна тӏадехун рехсарав полициялъул хӏалтӏухъанасул хъизан лъабго соналъ росулъа къватӏибе битӏизе.\nХадубго закон цӏунулел идарабазги лъазабуна жидеца гьев суд гьабизегӏан туснахъалъув лъун вугилан. Гьесда цӏарги Уллубий Амиров бугилан.\nГаз\nИсана Дагъистаналда газ бачиналъул иш рукӏалиде ккезабизе 3 млрд гъурущ биччазе бугинги бицана Сергей Меликовас. Гьеб гӏарцухъ газ бачунел рогӏралги цогидаб къайи-цӏаги цӏи гьабизе кколин абуна гьес. Цо-цо котельныял ругила рагъда хадусел соназда рарал ва 20 проценталъ гурони ярагьунарел. Гьединго трансформаторалги ругила хасал тӏалабазда данде кколарел.\nМиллияб хаслъиялъе зарал кколеб буго\n«Ёлдаш» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Рустам Жалаковас борхана миллиял газетазда хӏалтӏизе гӏадамал рачӏунел гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъ суал.\nЖурналистикаялда хӏалтӏизе чагӏи къваригӏин гуребги, халкъазул миллияб хаслъи цӏуниялъул магӏна бугин гьелъулъин абуна Меликовас. Гьединлъидал гьеб суал дандбазе, кватӏичӏого миллиял СМИязул, вузазул нухмалъулезулгун данделъи тӏобитӏизе буго гьес.\n«Мустахӏикъав журналист»\n«Дагъистан» ГТРКялъул нухмалъулей Луиза Гӏалихановалъ Сергей Меликовасда гьикъана «Мустахӏикъав журналист» абураб цӏар тасдикъ гьабиялъул хӏакъалъулъ.\nГьеб суал тӏубазабиялъул иш жинца Информациялъулаб министерствоялда тӏад къалин жаваб кьуна ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуразарулес."}
{"slug": "10501-g-izlyaral-ul-kogiab-danderizhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10501-g-izlyaral-ul-kogiab-danderizhi", "title": "Гъизляралъул кьогӏаб дандерижи", "date": "2021-01-18 08:47:11", "categories": ["obshestvo"], "text": "9 январалда 25 сон тӏубана Гъизляр шагьаралъул больницаялда пашманаб лъугьа-бахъин ккаралдаса\n1996 соналъул 9 январалда радал анлъгоялде бащдаб хӏалтӏараб гӏужалъ, жеги кьижун бугеб шагьаралде жанибе лъугьана Салман Радуевасги Хункер Исрапиловасги бетӏерлъи гьабулеб хъачагъазул къокъа. Бачӏинахъего гӏадин гьез кверде босана шагьаралъул больницаялъул лъимал гьарулеб рукъалъул отделение. Цогидаб къокъаялъ вахӏшиял ишал гьарулел рукӏана Черемушки микрорайоналда. Доб мехалъ республикаялъул жанисел ишазул министрлъун вукӏарав Мухӏамад Гӏабдуразакъовас, жиндирго ракӏалдещвеязул тӏехьалда гьадин хъвалеб буго хъачагъаз шагьаралда гьабулеб букӏараб гӏалхулаб вахӏшилъиялъул хӏакъалъулъ.\n«Рукъзабазда жаниреги кӏанцӏун, гьез бусадасаги рахъинарун къватӏире рачунел рукӏана, тӏубан макьидаса ригьинчӏел, жеги щиб- кинали лъазе заманцин гӏечӏел, ретӏа-къачӏел гӏадамал. Нуцӏа рагьулеб гьечӏони, террористаз речӏчӏулаан, гьедин нуцӏихъан речӏчӏун чӏвана гьез, нуцӏа рагьизе тӏаде яхъине къуват гьечӏей херай, гӏажизай гӏадан.\nГӏадамал больницаялде жанире гъолел рукӏана. Кватӏичӏого гьез гьениве вакӏарана лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи, гьезда гьоркьор гӏемерисел рукӏана руччаби ва лъимал. Гьебго заманалда хъачагъазул цо къокъа кӏанцӏана рагъулаб аэродромалде. Гьезда кӏвана рагъулаб кӏиго вертолет бухӏизе. Цохӏо гьеб букӏана Гъизляралда гьез босараб бергьенлъи. Гьез хӏалбихьана гьениса рикӏкӏад гьечӏел аскариязул казармаби рахъизеги, амма гьедин гьабизе гьезие рес ккечӏо.\nХадуб Буденовскиялда Басаевго гӏадин, руччабазул мугъзада нахъаги вахчун, гара-чӏвариял гьаризе лъугьана Радуевги. Абизе ккола, байбихьуда гьезул тӏалабал рукӏанин цӏакъго радикалиял, тӏуразаризе захӏматал: гьез тӏалаб гьабулеб букӏана Россиялъул аскарал Чачаналдаса ва Дагъистаналдаса гурелги, тӏолабго Северияб Кавказалдасаго нахъе рачин».\nРакӏалдещвеязул\nлъилъулареб ругъун\nДолдаса нахъе ана 25 сон. Доб къоялъ гъаримал улбузухъ кодор рукӏарал хахулел лъималазул жакъа саламатал гӏолохъаби гӏун ратила. Гьезул чангиял гьанже хъизан-рукъалде руссун ратила. Гьезда чӏахӏияз бицун гурони лъалеб батиларо доб къоялъ ккаралъул хӏакъалъулъ.\nГъуниб районалъул Гьонодаса Мухӏамадбегова Хадижатги гьелъул росги 1996 соналда Гъизляралда гӏумру гьабун рукӏана сакъатал гӏадамазе хӏукуматалъ кьураб рокъор. Гьелъул рос ккола канлъукъав, 1-себ группаялъул инвалид. Гьадин ракӏалде щвезабуна гьез доб къо.\n— Рогьалилъ цо кьвагьа- гӏанхъиялъул сас чӏвана дида. Доб мехалда рэкеталинги абун хьвадулел гӏадамал рукӏиндал, гьезул сас батилин тун букӏана. Кин букӏаниги, ракӏго букӏинчӏого, дица росасда абуна, гьелъул хӏакъикъат цӏехезе къватӏиве вахъайилан. Гьесда гьадинги абун, подъездалъуе яккарай дида, цӏакъ хӏалакун, кодоб жидерго къайи-цӏагун рачӏунел мадугьалзаби рихьана. Гьез, «кошмар», «кошмарилан» абулеб рагӏидал, вай, Аллагь гьаб жоялъул магӏна щибдайин ургъелчӏван лъугьана дун. Росги ана хӏакъикъат цӏехезе ва цо заманалдаса нахъ вуссун вачӏарав гьес бицана, Радуевасул хъачагъал кӏанцӏун рагӏулин шагьаралде. Нижер минаялда цересан рачӏун руго гьел шагьаралде, амма сакъатал гӏадамал жанир ругеб мина гьеб букӏин лъайдал, гьел нахъе ун руго гьебги жибго тун. Дида гьеб кинабго хадуб лъана. Амма цогидал гӏадамазда гьез цӏоб гьабун гьечӏо, нухда ратаралниги ялъуни рокъоса къватӏире рачӏунел ратаралниги гӏадамал чӏван ругин гьезин бицунеб букӏана.\nРадуевасулгун къотӏи-къаял ва\nПервомайскиялъул пашманаб хӏасил\nГъизляралъул больницаялда гъоркьлъалие гӏадамалги росун Радуев вукӏаго, гьесухъе тӏоцеве кӏалъа-басаял гьаризе арав чи вукӏана, доб мехалда Гъизляралъул стоматологиялъулаб поликлиникаялъул бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏулев вукӏарав Ахӏмад Саламов.\n— Больницаялда жаниб букӏараб 13 телефоналда гьоркьоса, бухьен гьабизе бегьуледухъ хутӏараб цоялъусан дихъе кӏалъан ячӏарай медсестраялъ щакърахунаго абуна: «Ахӏмад Жахӏбарович, талихӏ кьеги, кумек гьабе», — ян.\nДица гьелда абуна дуда аскӏов хъачагъазул щивниги ватани, гьесухъе трубка кьейилан. Гьес трубка босидал, дица гьесда абуна нужер командирасухъе кьейин трубкаян. Заманалдасан трубкаялъусан дида рагӏана батӏияб гьаракь. Гьев вукӏана Салман Радуев. Дица гьесда абуна духъе вачӏине бокьун бугин. Гьесда бичӏчӏизабуна цадахъ журналистги вукӏине вугеблъи, гьелъиеги гьесул инкар букӏинчӏо. Гьедин ана ниж гьесухъе. Ниж больницаялде щведал, Радуев нижеда ватана реанимациялъул кабинеталъув, рукъалъул хважаин гӏадин.\nГьаниб нижеца къокъ гьабулеб буго, цебеккунги газеталда чанго нухалъ бахъун букӏараб, А. Саламовасдаги С. Радуевасдаги гьоркьоб ккараб гара-чӏвари. Гъизляралъул аэродромалдаса, Россиялъул армиялъул вертолетал Чачаналде роржин бугин жал гьанире рачӏиналъе гӏиллайин бичӏчӏизабуна Радуевас, Гъизляралде жалго тӏадекӏанцӏиялъул бицунаго.\nГьел политикиял суалал тӏуразе хӏакимзабиги тун, гӏадамазе къварилъи гьабичӏого теялде гьев кантӏизавуна Ахӏмадица. Бичӏчӏизабула гьес кверде босараб бакӏ больница букӏин. Гьенир гӏадамал сах гьарулин, чӏвазе бегьуларин. Нагагь гьаниб гӏайиб гьечӏев чиясул бидул къатӏра гӏодобе тӏинкӏаницин гьелъул дуца жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги жаваб кьезе кколеблъи бичӏчӏизабунин жинца гьесдаян бицана Саламовас.\nХадуб гьеб хабар Радуевасда тӏад Махӏачхъалаялда суд гьабулеб мехалдаги ракӏалде щвезабуна Ахӏмад Саламовас.\nГьанже 25 сон ун хадуб кинаб асаргун дуда доб къо ракӏалде щолебилан гьикъидал, Ахӏмад Саламовас абуна:\n— Радуевасда тӏаде доб къоялъ унеб мехалъ дие сабру кьолеб букӏана цо пикруялъ. Жеги киданиги дунялалда ккарал рагъазда хъахӏаб халгӏат ретӏарав чиясде лъицаго кьвагьичӏо, кьвагьун батаниги, гьел рукӏана цӏакъго къанагӏат гурони ккечӏел хӏужаби. Гьединаб пикругун ана дун гьесде тӏаде. Доб къоялъ цохӏо милиционер гурони, ракълилал гӏадамазул цониги чи больницаялда чӏвачӏо. Гьеб букӏана дун вохараб хӏужаги.\nЦо кӏиго соналъ цебе Гъизляралда студентазулгун букӏараб дандчӏваялда дица доб къоялъ букӏараб хӏакъикъат гьезие бициндал, гьенив вукӏарав кӏиго гӏолохъанчи тӏаде вахъун вачӏана, больницаялда эбелалъухъ кодор рукӏарал лъимал жал ругинги абун. Гьелъ ракӏалдаса унареб асарги гьабуна.\nГъизляралъул больницаялда руччабазул мугъзада нахъаги вахчун, Радуевас нилъер республикаялъул нухмалъиялъулгун гьарурал къотӏи- къаязул хӏасиллъун ккана гьенир рукӏарал руччабигун лъимал нахъе риччай ва гъоркьлъалие росарал гӏадамазул цо бутӏагун гьесие Чачаналде ине нух кьей.\nРокъове вуссине букӏараб рес…\nЧачаналде унаго, Первомайскиялда гьезда дандечӏей гьабуна федералиял аскараз. Гьенив чӏвана Радуевасул къокъаялъул чанго чи. Радуевасдаги гьесул цебесеб чукъа-рухьеналдаги кӏвана, квалквал гьечӏого, Чачаналде рорчӏизе. Первомайскиялда чӏвана Гъизляралда гъоркьлъалие росун рукӏарал гӏадамазул цо къадар. Гьезда гьоркьов вукӏана 9 январалда Гъизляралъул больницаялда дежурствоялда вукӏарав тохтур Мухӏамад Гъазимухӏамадовги.\nЖакъа гьесул яс, журналист Бэла Бояровалъ гьадин ракӏалде щвезавуна эмен:\n— 1994 соналде щвезегӏан ниж гӏумру гьабун рукӏана цин Тамбов областалда, хадуб Ставрополь краялда. Эмен Тамбовалде хӏалтӏизе витӏун вукӏана Дагъистаналъул медицинаялъул институт лъугӏун хадув. Ватӏаналде ниж нахъ руссунеб мех букӏана Чачаналда рагъ унеб заман. Лъале-хъвалез инсуда абулеб букӏана, нуж гӏадаллъунищин ругел гьеб гӏала-гъважаялде гьоркьор нахъ руссинеян. Кин бугониги, инсуца таваккал тӏамуна.\nГӏумру гьабизе инсуца тӏаса бищана Гъизляр, гьенир нижер гӏемерал лъале-хъвалелги гӏага-божаралги рукӏиналъ. Гьев тӏамуна шагьаралъул райбольницаялде дежурнияв тохтурлъун.\n9 январалда хъачагъал больницаялде кӏанцӏидал, гьев вукӏана къасисеб дежурствоялда. Насраниязул байрам кӏодо гьабулел къоял рукӏиндал, жиндирго хъулухъцояв гӏурусасул бакӏалда дежурство босизе разилъун вуго гьев. Дида макьилъ гӏадин гурони цебе чӏезабизе кӏоларо къаси гьев дежурствоялде унеб 8 январалъул маркӏачӏул гӏуж.\nИнсул кутакаб махщел букӏана мандолина хъвазе. Доб къоялъ больницаялда ругезеги хъвалеб букӏун буго гьес гьеб, гьел дагьал ригьа- ричун рукӏине. Нижееги хъвайилан террористазул цояс тӏалаб гьабидал, инсуца инкар гьабун буго.\nХадуб Первомайскиялде рачунел гъоркьлъалие росарал гӏадамазда цадахъ ун вуго гьевги. Гьесул рес букӏана инкар гьабизе. Гьес абунги буго рокъор дихъ ралагьун чӏарал гӏисинал лъималги, унтарай хъизанги йигин, амма жив жиндирго унтаралгун цадахъ вукӏине кколин абун. Гьев жиндиего бокьун ана Первомайскиялде. Чанго къоялдасан гьев чӏвана. Гьесул гӏумруялъул букӏана гӏицӏго 39 сон. Эмен тохтурлъун вукӏана цохӏо больницаялда гуревги, рокъовги къватӏивги ва, киве кканиги, гьеб тӏадаб борч тӏубазабуна гьес тӏолабго гӏумруялъго. Гьесухъе гӏемерав чи вачӏунаан кумек гьарун, жеги лъиениги инкарги гьабичӏо. Амма, гьединго, жеги цониги унтарасухъа конфет-чакаргӏанасеб жоги босун гьечӏо. Гьес кванан гьечӏо больницаялда хӏадур гьабураб квен- тӏехцин. Гьеб жиндие гуреб, унтаразе хӏадур гьабураб кколинги абун, жиндиего кваназе жо кидаго рокъоса босулаан. Гьединав инсанлъун хутӏана гьев дир рекӏелъ."}
{"slug": "10510-sankaderil-pashmanab-yubilej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10510-sankaderil-pashmanab-yubilej", "title": "Санкьадерил пашманаб юбилей", "date": "2021-01-18 10:37:54", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ рагъулал тунка-гӏусиял ккаралдаса тӏубана 25 сон\nСанкьадерил росдал гӏадамал Цӏумада районалда гурелги гӏатӏиракьаздаги руго гӏумру гьабун. Чачаналдаса тӏад руссун хадуб, гӏатӏиракьалда гӏуцӏана гьез росу ва гьелда цӏарги лъуна, Ведено районалда букӏарабго гӏадаб, Первомайское абун. Жидерго магӏишат-яшавалда рукӏарал гьезул 1996 соналъул 10 январалда тӏубанго гӏумру хисанин абизе бегьула.\n1996 соналъул 9 январалда Гъизляр шагьар квегъизе сапар бухьарал хъачагъазул къокъаялъ, туманкӏ кьвагьичӏого, шагьаралъул больницаялда жидерго штаб лъуна.\n— Доб з а х I м а т а б з а м а н а л д а дун вукӏана м а ш и н а б а зул запчастал ричулев Гъизляралъул базаралда. Кидаго гӏадин, радал тӏадеги вахъун, какги бан, «Жигулиялдаги» рекӏун базаралде сапар бухьана. Пекарня бугеб бакӏалде щведал, нух къан батана. ОМОНалъулал гьанире киндай ккаралилан пикруги гьабун, хӏукму ккана гьениве ун цӏех-рех гьабизе, — ян ракӏалде щвезабуна Мухӏамадназир Маллаевас. — Аскӏове щведал рихьана мугжулги тарал, яргъидги гӏуцӏарал гӏадамал. Гьезул цо чангояс дида лъазабуна централияб больницаялде жал щвезареян.\nНухда унаго гьел цоцада кӏалъалел рукӏана. Щибха дида лъалеб букӏараб щиб гьез жидерго мацӏалда бицунеб букӏарабали. Гьенисан унаго гьез асир гьавуна кӏиго милиционерги. Больницаялде щвезе 200-300 метр хутӏараб бакӏалда, рагъулаб часталъул кавабахъ рукӏарал солдатазде кьвагьдана гьел. Данде кьвагьдеялъул хӏасилалда лъабго боевикасул кӏигояв чӏвана, цояв лъукъана, милиционеразул цоявги хвана, цогидав лъукъана, дир кваранаб гъажалдаги щвана гулла. Лъукъун вукӏарав хъачагъас дида лъазабуна машинаялъуса шуругейин, сверухъ ругел минабазул тӏохазда жидер снайперал ругин. Вагъарани, гьез мун чӏвалин. Боевик, лъукъун вугониги, больницаялде ана, кумекалда хадув. Гӏемер заман балалде кӏиго санитаркагун тӏад вуссунги вачӏана. Гьезул кумекалдалъун чӏваралги больницаялде рачана. Дунги, гьелгун цадахъ ана дове. Хадуб, шагьаралъул къватӏахъ ратанщинал больницаялъуре гъолел рукӏана. 10 январалъул радал сагӏат 9 тӏубайдал, киналго гӏадамал хъачагъаз автобусазда рекӏинаруна. Дун больницаялдаго хутӏана ругъун сах гьабизегӏан.\nГӏемер кватӏичӏого Махӏачхъалаялдаса Гъизляралде рачӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, хӏукуматалъул министрал, Жамгӏияб палатаялъул цо- цо членал. Гъоркьлъалие восарав кӏинусгогӏан чиясул гӏумру хвасар гьабиялъе хӏукуматалъул делегациялъул батӏияб рес букӏинчӏо хъачагъаз цере лъурал шартӏал тӏурай гуреб. Салман Радуевасул къокъаялъ, тӏоцебесеб иргаялда, тӏалаб гьабуна гӏемерал автобусал, гьезда жанире гъуна больницаялда рукӏарал гӏадамал. Тӏоцебесеб автобусалъур жидеего бокьун гӏодор чӏана доб заманалда министрзабилъун ва Пачалихъияб Советалъул членаллъун рукӏарал Мухӏамадсалихӏ Гусаев, Хӏамид Хӏамидов, Иманпаша Чергизбиев ва цогидалги. Унеб нухги бихьизабуна Гъизляр-Бабаюрт- Туршунай-Хамаматюрт-Уцмиюрт- Ахъбулатюрт-Первомайское. Гьеб росдал рагӏалда буго коллектор-каналалъ бухъун батӏа тӏезабураб Чачан республикаялъулгун гӏорхъи. Гьенире щведал, боевиказулгун гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, гьез асир гьарун рукӏарал риччан тезе ва жалго ине кколаан Чачаналде. Амма кинабго гӏаксалда ккана.\n— Доб къо, жакъа гӏадин, ракӏалда буго, — ян ракӏалде щвезабуна росдал бегавуллъун вукӏарав Гӏизудин Салахӏовас. – Дол соназда рукӏинчӏо гьанже гӏадин рищарал росдал депутатал, букӏана 15 чиясдаса гӏуцӏараб совет. Радалго, советалъул гӏахьалчагӏазулгун гьаризе кколел ишалги дандран, Первомайское росдал рахъалдасан Хасавюрт р а й с о б р а н и ялъул депутат Исраил Исхӏакъовгун дица сапар бухьана шагьаралде. Ахъбулатюрт росдал рагӏалдаса унеб шагьранухде щолелъул, баккана машинабазул тӏел. Гьел гьанирехун гӏадада сверун ратулареблъиги бичӏчӏун, дица машина нахъ буссинабуна. Машинабазул тӏел чӏезабуна Первомайское росдал рагӏалда бугеб гӏорхъи цӏунун лъураб блокпосталда цебе. Дол къояз гӏорхъода хъулухъ гьабулеб букӏана Новосибирскиялдаса омоналъулаз.\nРадуев дида гӏемер вихьун вукӏана. Гьес нухмалъи гьабулеб букӏана Гудермес шагьаралъе. Нижерго росдал мурадал тӏуразариялъе гӏоло дун гӏемер щолаан чачаназул гьеб шагьаралде. Амма гьеб къоялъ дида гьев лъачӏо. Дида цеве къирал гӏадин гӏодов чӏун вукӏана цо кинабали лъалареб пачалихъалъул форма ретӏарав магжилав. Дун Радуевасда лъана. Дица хӏаракат бахъана сабуралда кӏалъазе. Руччабиги гӏисинал лъималги риччан тейин абуна дица гьесда. Нилъ ругин мадугьалзаби, гӏагарлъи бугел гӏадамал, бегьуларин бусурбанчияс бусурбанчиясе зарал гьабизе. Гьединаб хабаралда рукӏаго, гӏорхъодехун ине ихтияр бугин машинабазеян кьураб команда бачӏана. Гӏорхъода бугеб коллектор-каналалда тӏасан лъураб кьо ункъо автобусалъ бахиндал, боржун бачӏараб вертолеталъ речӏчӏун бачӏана кӏиго ракета. Тӏокӏаб добехун нух гьечӏинги абун, колонна нахъ буссинабуна. Блокпосталде щведал, боевиказ асир гьавуна гьенив вукӏарав 70 омоналъулав ва, Первомайское росу сверун кквейин, командаги кьуна Радуевас.\nЛъица гьединаб буюрухъ кьурабали лъаларо, амма Первомайское росдал гӏадамал гъуризе рукӏин якъинго бичӏчӏулеб букӏана. Хадувги ана дун Радуевасухъе, росдал гӏадамал нахъе рачине риччайиланги абун. Талихӏалъ, кӏвана гьел Теречное ва Советское росабалъе ритӏизе. Бугелъуб тана боцӏи-панз, магӏишат. Сагӏаталда жаниб гӏадамал къватӏире гочинарун бажарана. Хадубго цун бачӏана Радуевасул буюрухъ, росулъа унелги гьанире рачӏунелги чӏезарейин, гӏурхъабиги къайин абураб. Заманго иналде росу рагӏалде щвана Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул председатель М-Гӏ. Мухӏамадов, хӏукуматалъул председатель Гӏабдуразакъ Мирзабегов. Росдадаса цо километралъ рикӏкӏад, нухлул рагӏалда лъуна штаб. Цӏияб штабалъул тӏоцебесеб данделъи рагьилалде цебе М-Гӏ. Мухӏамадов телефоналъ кӏалъана Россиялъул президент Ельцингун ва кьварун абуна, жакъа Дагъистаналда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул гӏайибияв мун вугилан. Гьезул ккараб харбидасан дида бичӏчӏана Радуевасул боевикал Первомайскиялдаса Чачаналде риччагеян абураб буюрухъ Москваялдасаго кьун букӏин.\nГьел къояз гъоркьлъалие росарал руччабиги лъималги асирлъудаса хвасар гьаризе бергьараб хӏаракатчилъи бихьизабуна милициялъул подполковник Гӏумахан Гӏумахановас. Чанцӏулго ана гьев Радуевасулгун кӏалъа-басаял гьаризе ва бажарана рагъул майданалдаса гӏисинал лъималги гьезул улбулги нахъе рачине.\nАнцӏила микьабилеб январалде щвезегӏан халалъана Первомайское росулъ ккараб рагъ. Гъурана гӏемерал солдаталги, хвана хъачагъалги. Тӏасан бараб бомбабазул гучалъ жанире лъугьине бегьулеб рукъ хутӏичӏо дир росулъги. Жакъаги хутӏун руго росулъ гьезул хутӏелал ва лъалкӏал.\nБаркала буго доб заманалда Дагъистаналъул нухмалъулеллъун рукӏаразе. Росулъ цӏияб мажгитги, клубги, медпунктги, администрациялъул минаги бана. Росулъе бачӏунеб нухде ва росулъ ругел къватӏазде тӏуна хъил. Амма Первомайское росулъ ругел санкьадерие рагъалъ пашманаб асар гьабичӏого течӏо, хутӏана ракӏазулъ лъилъуларел ругънал."}
{"slug": "10511-sariral-ul-takhshagar-bukiana-tianusi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10511-sariral-ul-takhshagar-bukiana-tianusi", "title": "Сариралъул тахшагьар букӏана Тӏануси", "date": "2021-01-18 11:40:17", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Сариралъулги гьелъул тахшагьаралъулги хӏакъалъулъ баянал ракӏарулелъул, дица пайда босана бакӏалъулал тарихчагӏазул асараздаса ва гӏарабазулгун персазул хъвай-хъвагӏаяздаса.\nМасала, гьезул цояб ккола IX гӏасруялъул ахиралда, X гӏасруялъул байбихьуда гӏумру гьабун вукӏарав персазул гӏалимчи Абу Гӏали Ахӏмад Ибн Рустил тӏехь («Китаб ал алак ан-нафиса» — «Багьа тӏокӏал жавгьарал»).\nГьелда жаниб буго «Ас-Сарир» абураб хасаб бутӏа.\nГьединго данде ккуна гьадинал асаралги — Абул-Хӏасан Гӏали ал-Масудил (хвана 956 соналда) «Мурудж аз-захаб ва мадаин ал-джавахир», гӏарабазул тарихчагӏи Халиф ибн Хаййат аль-Усфурил (хвана 854 соналда), Ибн аль-Асирил (1160-1234 сон) «Тарих аль-Камил», нилъерго гьаниса Мухӏаммадрафи абурав гӏалимчиясул «Тарих Дагестан» абурал тӏахьал.\nАмма гьезул цонигиялда Сариралъул тахшагьар Хунзахъ букӏанилан хъван батичӏо.\nГьелдаго цадахъ разилъизе бегьула бакъбаккул рахъ лъазабиялда тӏад чӏарал гӏалимзаби В. В. Бартольдил, В. М. Бейлисил, В. Ф. Минорскиясул, Т. М. Айтберовасул пикруялда. Гьез рикӏкӏуна Сариралъул тахшагьар Хунзахъ букӏанин. Гьезул пикруялда рекъон, «Хунзахъ» ккола бакӏ бихьизабулеб рагӏи, ай батӏаго босун жибго Хунзахъ росу гуреб, чанго росу жанибе бачараб хунздерил тӏалъи.\nГьеб тасдикъ гьабизе мисалалъе бачина Гӏободаса тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор М. Шигьабудиновас загьир гьабураб пикру:\n«Сариралъул тахшагьар гӏицӏго гьанжесеб Хунзахъ росдал ракьалда букӏанин абураб пикру щулалъизабизе Хунзахъа Тимур Айтберовас гьарулел хӏалбихьиял руго якъинлъи гьечӏел.\nЖибго «хунз» абураб къавмалъ гӏумру гьабулеб гьеб ракь букӏана доб мехалда батӏи-батӏиял тухумалги къавмалги жанире рачараб. Гьабсагӏаталда гьенир ругел росабиги доб мехалда гьенир рукӏинчӏо.\nСариралъул кверщелги гӏицӏго цо къавмалъухъ яги цо тухумалде мугъчӏвай гьабун гуро букӏараб. Гьелъ мугъчӏвай гьабулеб букӏана къуваталдеги гьанжего гьанже баккун бачӏунеб феодалияб гӏуцӏиялдеги (ихтияралде).\nГьединлъидал Сариралъул тӏалъи кодосез жидеего чӏезе бакӏги тӏаса бищун букӏана санагӏалъи ва тушманасдаса цӏуна-къай гьабизе рес бугеб бакӏалда. Гьединаблъун гьезда тӏанусдерил габурлъиги Гӏакаро мегӏерги бихьун буго».\nМашгьурав гӏалимчи, профессор Амри Шихсагӏидовасги рикӏкӏунаан цебегосеб биценалда рекъон, Хунзахъе рахъинегӏан Авариялъул тӏоцебесеб тахшагьарлъунги гьелъул ханзабазул чӏей бугеб бакӏлъунги Тӏануси букӏанилан.\nДидаги гьеб пикру битӏараблъун бихьула ва тӏаде жубала Сарир-Авария пачалихъалъе кьучӏ лъуралдаса нахъеги гьелдаса хадубги (XVII гӏасруялъул ахиралде щвезегӏан) Тӏануси росу букӏанин гьелъул тахшагьарилан. Гьелъие нугӏлъи гьабула некӏсиял хъвай-хъвагӏаязги.\nМасала, гьоркьохъел гӏасрабазда (ХӀV) хъвараб Мухӏаммадрафил «Тарих Дагестан» тӏехьалда бицунеб буго гьадин:\n«Дагъистан букӏана гьенир гӏумру гьабулел гӏадамазе гӏатӏидаб, чияр чиясда цебе къуватаб, ритӏухъал гӏадамаздалъун бечедаб улка. Гьенир рукӏана чанги росаби, шагьарал ва лъабго мухъ: Авар, Гӏодоблъи ва Зирихгеран… Авар мухъалда ат-Тӏанус шагьаралда (гьеб ккола Дагъистаналда бищун къуватаздаса цояб) вукӏана кутакав зулмучи, ццидалав, гӏадамазул талихӏкъинабулев Суракъат-нуцал абун тӏаде жубалаан гьесул цӏаралде. Жидерго тӏадчагӏазда гьедин абулеб гӏадат буго гьезул.\nГьезул бетӏергьанасе щолаан Дагъистаналъулго гӏадамаз кьолеб магъало, Чаркас вилаяталдаса байбихьун Шамахи шагьаралде щвезегӏан (Гӏакаро абулеб бакӏалда ругел чагӏаз хутӏизегӏан). Магъало кьолаан гӏарцудалъун, тӏорщалидалъун, гӏиядалъун, чӏегӏерхӏайваназдалъун, ххамидалъун, пихъидалъун, ханаздалъун ва цогидал нигӏматаздалъун.\nГьал мухъал хъвана некӏсиял, басриял хъвай-хъвагӏаяздаса. Гьезда тӏад бихьизабун буго 930 сон. Гьенисаги босун дица цӏидасан гьеб хъвана 1312 соналда».\nПалхӏасил, дагӏба базе бажарулареб хӏужа буго гьеб – X гӏасруялда Сарир-Авариялъул тахшагьар Тӏануси букӏараблъи.\nКӏиабизе, «Тарих Дагестан» тӏехьалъул лъабабилеб бутӏаялда буго лъарагӏазул Шамхалас лъагӏа-лъагӏалие тӏад лъураб магъало 14 гӏасруялдехун цӏикӏкӏинабиялъул хӏакъалъулъги. «…на общество Карахи наложено 500 овец, …на общество Хебелал наложено с каждого дома каждый четвертый год по овце; на Чамалал – 500 овец; на Тиндал – 20 быков; …на жителей Хунз – 700 баранов, 700 – кайлей пшеницы и 60 кайлей меда; на жителей Андиб – бык и 8 кусков войлока; на гору Гадариб и на Хиркис – половина того, что на вилайат Хунз…».\nБихьулеб буго лъагӏалида жаниб лъарагӏ Шамхаласе гьедигӏан кӏудияб магъало кьезе цохӏо Хунзахъ росдае захӏмат букӏунеблъи (тахшагьарлъун гьеб букӏун батаницин).\nГьединлъидал абизе бегьула Хунзахъ абураб рагӏул магӏна цохӏо росу гуреб, анцӏ-анцӏ росаби жанире рачараб Хунзахъ тӏалъи букӏанин.\nЛъабабизе, «Цӏадаса Хӏамзатил библиотекаялда батараб гӏараб тӏехьалъул тӏанчил рагӏалда хъван бугоан Суракъатги гьесул вац Кагьруманги кколин пиргӏавназул наслуялъул чагӏи, капурзаби, Чирюрталда аскӏоб чӏейги гьабун чӏарал хазаразул чагӏи. Гьез гьенир ран рукӏанила жанибе нух щолареб хъалаги рорхатал сиялги, цинги гьениб махх, чаран, месед биунел рукӏунаанила гьел. Хадув Суракъат вахъанила Авариялъул бетӏерлъун, гьев вукӏанила вахӏшияв зулмучи; гьесул чӏейги Тӏанусиб букӏана».\nБихьулеб букӏахъе, гьанибги тасдикъ гьабулеб буго тахшагьар Хунзахъ гуреб, Тӏануси букӏараблъи.\nУнкъабизе, профессор Амри Шихсагӏидовас буссинабуна динияв хӏаракатчи ва халкъалда шаригӏат бичӏчӏизабулев вукӏарав Харахьиса Тӏайгибица (хвана 1697 сон) цогидаб бакӏалдаса босун хъвараб тӏехь.\n1669 соналда Ибн аль-Хӏажибал «аль-Кафийа» хъван бахъун хадуб, гьес ахиралда гьадин гъулбасунеб буго:\n«…хъван бахъинабуна Харахьиса Гӏумарил вас Тӏайгибица, 1669 соналъул рузман сордоялъ… нижер устар Хунзахъа Мола Мухӏаммадил доба Тӏануси Дугъри-ханасул вас Мухӏаммад-ханица бетӏерлъи гьабулеб мехалда…».\nГьанибги буго нугӏлъи гьабулеб цоги хӏужа – Тӏануси росулъ гӏумру гьабун вукӏин Авариялъул нухмалъулев Мухӏамад-хан, Дугъри-нуцаласул вас.\nЩуабизе, тӏанусдерил мажгиталъул къадалъ батана гьадинаб хъвай-хъвагӏай гьабураб ганчӏил къоно: «Мухӏаммад-нуцаласул вас Дугъри-нуцалица ханлъи гьабулеб заманалда, 1683 соналда, Чупаласул кумекалдалъун гьаб мажгит бана Мухӏаммадица, Гӏамирица, Гӏалица. Гьеб мехалда росдал къадилъун вукӏана Мухӏаммад, Пирмухӏамад-къадил вас».\nГьанибги рехсолеб буго Авариялъул бетӏер Дугъри-нуцал гӏумру гьабун Хунзахъ гурев, Тӏануси вукӏанилан.\nНекӏо заманалдаго батараб биценалда рекъон, щибаб 300-400 метрги гьоркьоб тун, цӏурмал рараб квар цӏан букӏун буго Тӏанусиса Гӏакаро магӏарде щвезегӏан. Гьелги зваргъезарун лъазабулеб букӏун буго Авар ханасда хӏинкъи тӏаде щолеб букӏин.\nЦониги бакӏалда хъван батичӏо Гӏакаро магӏарда Сарир-Авар ханасул чӏей букӏанилан.\nДагьабниги божизе бегьулеб жо буго гьениб хунздерил тӏалъиялъул хъаравуллъиялъул хъала букӏанин, хӏинкъи тӏаде бачӏунеб букӏин гьенир тӏогьир цӏаялги ракун лъазабулаанин абураб бицен.\nБиценалда рекъон, Гӏакаро магӏарда кидаго вукӏунаанила хъахӏал чуязда рекӏарав 40 рагъухъан. Авар ханасул къисматги гьезда бараб букӏунаанила.\nГьениса щолел баяназул кӏваралъухъ балагьун батила Гӏакаро мегӏерги, тӏад магъалоги лъечӏого, тун букӏараб («Тарих Дагестан» абураб тӏехьалда хъвавухъе, цого-цо Гӏакаро кколаан Сариралъул ханас магъалоялдаса эркен гьабун тараб бакӏ).\nПалхӏасил, гӏараб, персазул ва нилъерго гьаниса тарихчагӏазул хъвай-хъвагӏаязда рекъон, Сарир пачалихъ баккараб заманалдаса байбихьун гьеб цебетӏун хадубги (XVII гӏасруялъул ахиралде щвезегӏан) гьелъул аслияб политикияб центрлъун букӏана Хунзахъ тӏалъиялда бугеб Тӏануси росу.\nРедакциялъул рахъалдасан: гьаб суалалда тӏасан жидерго пикраби загьир гьаризе бегьула цогидал тарихчагӏазги."}
{"slug": "10512-shchaj-shkolaldasa-bachakh-arab-kalligrafiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10512-shchaj-shkolaldasa-bachakh-arab-kalligrafiya", "title": "Щай школалдаса бачахъараб каллиграфия?", "date": "2021-01-18 11:50:44", "categories": ["obrazovanie"], "text": "1959, 1962, 1980 ва 2011 соназул букварал данде ккураб мехалда бихьулеб буго ахирал соназда тӏоцебесеб классалъул цӏалул программаялдаса берцинхъвай, ай каллиграфия нахъе бахъун бугеблъи. Щай гьедин гьабураб ва кинаб кӏвар букӏараб каллиграфиялъул абураб суалалъе жаваб балагьулаго, гьадинал баянал щвана.\nАраб гӏасруялъул 80-абилел соназда рукӏа-рахъиналъе хӏажатаб ва профессионалияб электроникаялъул къайи хӏадурулел чӏахӏиял компаниязул цоялъ чамалиго улкаялда тӏобитӏана эксперимент. Гьелъул мурад букӏана электроникаялъул рахъалъ церетӏурал улкабазда махщелчагӏи хӏадурулеб мехалда хӏалтӏизарурал методикабазул цӏех-рех гьаби. Эксперименталъул хӏасил гьабидал, баянлъана электроникаялъул рахъалъ пагьму тӏокӏал махщелчагӏазе бищунго хӏажатаблъун каллиграфия букӏин. Гьеб мехалда, цӏех-рехчагӏазул малъа-хъвайги гӏадахъ босун, Япониялъул тӏолалго школазул 1-11 классазда байбихьана каллиграфиялъул дарсал кьезе.\nГьабсагӏаталдаги Япониялъул чӏахӏиял фирмабазда гӏадатлъун лъугьун буго къалъул заманалда хӏалтӏухъабазе каллиграфиялъул дарс кьезе учительзаби ахӏи (щибаб къоялъ бащдаб сагӏаталъ). Компаниязул нухмалъулел барахщуларо учительзабазе кьолеб харжалда, щайгурелъул гьез кьолел дарсазул пайда букӏуна хӏалтӏухъабазул сахлъиялъе гуребги, гьезул пагьму цӏубаялъеги. Электроникаялъулги нанотехнологиязулги рахъалъ Япониялъул цебетӏей бихьулеб буго дунялалдаго. Дир пикруялда рекъон, гьелъие квербакъула каллиграфиялъул дарсаз гуребги, жидерго тарихалдеги, гӏадатаздеги, кьалбаздеги, миллаталъул рухӏиябгун чорхол сахлъиялдеги гьезул бугеб цӏодораб бербалагьиялъги.\nКитаялдаги къадру-къимат гьабула каллиграфиялъул. «Каллиграфия ва сахлъи» абураб макъалаялда Пекиналъул институталъул графикияб коммуникациялъул доцент Юань Пуца бицунеб буго, гӏадалнах жигаралда хӏалтӏизабиялда цадахъго инсанасул гӏумруги халалъизабулин каллиграфиялъин абун.\nКаллиграфиялъ гӏадалнахул кваранаб бутӏа куцала кӏиго сурат данде кквезеги, бихьулелдагун рагӏулелде кӏвар кьезеги, пуланаб жоялда хадуб халкквезеги, сундулниги сипат цебе чӏезабизеги. Юань Пуцаца абулеб буго, каллиграфиялъе цӏалулел студентаз, цогидазде дандеккун, бицунеб жо хехго босулин ва ракӏалдаги чӏезабулин абун. Каллиграфиялъ гӏумру халат гьабулеблъи тасдикъ гьабуна гӏелмуялъги.\nГӏемерал соназ гьарурал хӏал-бихьиязул кьучӏалда Китаялъул профессор Генри Каоца загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Дунялалда цониги унти гьечӏо, каллиграфиялъул кумекалдалъун сах гьабун бажарулареб. Каллиграфиялъул упражненияз гӏодобе биччазабула унтарасул рекӏел хӏалуцин, бигьалъизабула хӏухьел цӏазе, чучлъизарула бидул кьабиги дугъдарал ччорбалги ва хӏалуцине толаро бидул тӏадецуй. Гьелъул хӏасилалда бигьалъула цере лъурал суалазе битӏараб жаваб батизеги», — ян.\nПрактикиялгун клиникиял цӏех-рехаздалъун чӏезабуна, каллиграфияги цӏунун хъвадаризе тӏамиялъ аутизм ва гиперактивность бугел ва цо жоялде кӏвар кьезе бажаруларел унтаразе, хасго лъималазе, кӏудияб кумек гьабулеблъи. Гьелде тӏадеги, цебетӏола гӏакълуялъул рахъалъ нахъе ккарал лъималазул мантӏикъияб пикру; бигьалъизабула Альцгеймерил унти бугел гӏадамазул хӏал. Гьеб методика хӏалтӏизабула гипертония ва диабет, гьединго шизофрения, депрессия ва невроз бугел унтарал сах гьарулеб мехалдаги.\nГьабсагӏаталда Россиялъул школазда берцинхъваялъе бихьизабун буго анкьида жаниб цо сагӏат. Императорасул заманалда Царское село абураб росулъ цӏалулев вукӏарав Александр Пушкин анкьида жанив 18 сагӏаталъ хьвадулев вукӏун вуго каллиграфиялъул дарсиде.\nПетербургалда 15 соналъ хӏал-тӏулеб букӏана каллиграфиялъул кьучӏалда гӏакълуялъул рахъалъ нахъе ккарал лъимал сах гьарулеб школа – гьенир хӏалтӏизарулаан ХӀX гӏасруялда Россиялъул школазда рилълъанхъарал методикаби. Гьезул аслияб пикру букӏана гьадинаб: гӏелмуги, искусствоги, махщелги щвезе ккани, гьелъие хӏажатаб кьучӏ лъезе ккола каллиграфиялъул кумекалдалъун. Гьеб кьучӏалъул аслиял бутӏабилъунги рикӏкӏунаан сабурлъи, хӏалтӏизе лъай ва яхӏ бахъи. 1-11 классазул цӏалдохъабазе гьукъун\nбукӏана киназдаго лъалеб ручкаялъ (шариковая) хъвадаризе. Щибаб дарсида (математика, грамматика, физика – батӏалъи гьечӏого) 15 минуталъ тӏуразарулаан каллиграфиялъул упражнениял. 7-8 классазде рахарал цӏалдохъабазул рукӏунаан лъикӏал хӏасилалги. Психикиябгун чорхол лугбазул унтаби ругел лъималаз гьедин хъвазе рес гьечӏин абулаан педагогикаялъул махщелчагӏаз – гьедигӏан берцинаб ва мухӏканаб букӏана гьезул хатӏ. Гьеб школалда цӏалун рахъарал лъимал хадурккун\nцӏалана Петербургалъул бищун лъикӏазулъ рехсолел вузазда, гьезие щвана къватӏисел улкабазда цӏализе ине рес кьолел гранталги.\nГьединаб пайда буго каллиграфиялъул, ай берцинхъваялъул. Жакъайин абуни нилъер школазул цӏалдохъаби гьелдаса махӏрум гьарун руго."}
{"slug": "10514-dag-istanal-ul-k-adruyav-vas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10514-dag-istanal-ul-k-adruyav-vas", "title": "Дагъистаналъул къадруяв вас", "date": "2021-01-18 12:02:13", "categories": ["barkiyal"], "text": "Кӏудияб улкаги биххулеб, халкъалде рещтӏунел балагьалги цӏикӏкӏараб заманалда Дагъистаналда гӏуцӏана Конституциялъулаб суд – республикаялда законалъул тӏалабал тӏуразариялъул мурадалда. Гьелъул председательлъун тӏамуна Казбек районалъул Алмахъалдаса Салман Хӏажимухӏамадов.\nСалман гьавуна 1939 соналъул 15 январалда. Хасавюрталъул педучилищеги лъугӏизабун, хӏалтӏана Калининаул росдал школалда учительлъун ва хадубккун – директорлъунги. 1968 соналда лъугӏизабуна Д. И. Курскиясул цӏаралда бугеб Саратовалъул юридикияб институт. 1968-1971 соназда хӏалтӏана рехсараб институталъул административиябгун советияб ва финансазулаб правоялъул кафедраялда преподавательлъун ва гьенивго цӏалана аспирантураялда. 1971-1974 соназда вукӏана ДАССРалъул прокуратураялъул цӏех-рехалъул отелалъул прокурорлъун, 1974-1985 соназда – Гъизилюрт шагьаралъулгун районалъул прокурорлъун, 1985-1992 соназда – ДАССРалъул прокурорлъун, 1991-2009 соназда – ДАССРалъул Конституциялъулаб судалъул председательлъун.\n1997 соналда С. Хӏажимухӏа-мадов мустахӏикълъана «РФя-лъул мустахӏикъав юрист» абураб цӏаралъе. Гьесие кьун руго «Хӏурматалъул гӏаламаталъул» орден ва – «Захӏматалъул ветеран», Жуковасул, «Россиялъе ритӏухълъиялъухъ ва хъулухъа-лъухъ» абурал медалал.\nАраб гӏасруялъул ахирисеб 10 сон букӏана бищунго захӏматаблъун: биххизабуна СССР. Жамгӏиябгун политикияб формация хисулеб заманалда, цӏад бан хадуб гӏурдахӏан кинигин, гьарзаго цере раккула батӏи-батӏиял масъалабиги. 1994 соналда байбихьана Чачаналда рагъ. Гьелъ кӏудияб зарал гьабуна экономикаялъе. Республикаялъул гӏумруялда ккана хӏинкъарал лъугьа-бахъинал, масала, 1998 соналда хӏалбихьана Пачалихъияб Советалъул мина бахъизе. 1999 соналда рукӏана халкъазда гьоркьосел террористазул къокъабазулгун рагъал, республикаялда рижана миллиял фронтал ва гьезулъ загьирлъулеб букӏана миллатчилъи. Шагьараздагун районазда букӏана хӏалуцараб ахӏвал-хӏал. Гьеб жеги гьелегьинабизе жигар бахъулаан такъсириял къокъабазги. Хӏажат букӏана Дагъистаналда Конституциялъул тӏалабал цӏуниялде кӏвар кьезе. Гьедин гӏуцӏана Конституциялъулаб суд (КС). 1991 соналъул 27 декабралда Салман Хӏажимухӏамадовасда тӏад къана цӏи гӏуцӏараб КСалъе нухмалъи гьаби.\nС. Хӏажимухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь КСалъул судияз хал гьабуна кӏигокъогоялдаса цӏикӏкӏун хитӏабалъул. Гьел рукӏана гражданазулги, батӏи-батӏиял идарабазулгун гӏуцӏабазулги рахъалдаса. Гьезул гӏемерисезда тӏасан хӏукмаби гьаруна хитӏабчиясул рахъги ккун. Гьединал хӏукмабазе хӏажалъулаан махщалил тӏокӏлъи гуребги, политикияб гӏакъиллъиги.\nТӏадаб борч тӏубалаго, Салманица гӏемерал сапарал гьаризе ккана республикаялъул районаздегун шагьараздеги, Россиялъул регионаздеги. Щвана гьев къватӏисел улкабаздеги. РФялъул КСалъул вакилзабигун СШАялъул Верховный Судалъул вакилзабигун букӏараб дандчӏваялда Америкаялъул судияс кьуна Басаевасул хъачагъазул хӏаракаталъул хӏакъалъулъ суал. Бихьулеб букӏана СШАялда гьесул ишазул рахъкколеб букӏин. Салман Хӏажимухӏамадовас бицана бугеб хӏакъикъат: СШАялъул СМИязда гьесул кӏалъаялъе лъикӏаб къиматги кьуна. 1999 соналда, ДРялъул Пачалихъияб Советалъ халкъалъухъе ярагъ кьезе кколин абураб пикру загьир гьабураб заманалда, С. Хӏажимухӏамадов гӏемер дандчӏвалаан Казбек районалъул жамагӏатгун. Гьесул жигараб хӏаракаталъул букӏана цо мурад: халкъазда гьоркьосеб терроризмалъе нух къай, республикаялда парахалъи цӏуни. Жамагӏатазулгун гӏуцӏарал дандчӏваязда гьесда цадахъ рукӏана Зикрула Ильясов, Сайгидпаша Гӏумаханов, Хӏаписат Хӏамзатова, Зайнулгӏабид Ярагъиев, Ахӏмад ва Мухӏамад Коргъолоевал, Тимур ва Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовал ва цогидал ракьцоял. Гьезул рагӏухъги гӏинтӏамун, жамагӏат цокӏалго бахъана хъачагъазде данде. Ва тушманасе гьукъана Казбекалъул ракьалдасан нух.\nГьудулзабаз бицуна\nСалман вуго гӏажаибаб къисматалъул ва гӏадатияб хасияталъул инсан, сабурав, гӏадамасулгун хабар рекъезабизе лъалев, жавабчилъи тӏокӏав магӏарулав. Пагьмуяв юрист, кӏвахӏ лъаларев хӏалтӏухъан, пачалихъияб пикруялъул хӏакимчи, пасихӏаб каламалъул гӏакълучи ва, Дагъистаналъул халкъалъул яхӏ-намусалде рекъонкколареб иш гьабулеб бихьани, кьварараб рагӏи абун, гьелде дандечӏолев, махщелгун бажари бугев гӏуцӏарухъан. Живго вецци рихарав, хасго бадибе рецц бокьуларев. «Речӏчӏаралъув къалев, къаралъув хӏажатавлъун ватулев» — гьедин абула магӏарулаз С. Хӏажимухӏамадов гӏадинав бихьинчиясда.\n«Дир гьудулзаби» абураб Хӏасанбег Хӏасанбеговасул тӏе-\nхьалда хъван буго: «Щибаб моцӏалда цо нухалъниги ниж унаан тӏабигӏаталдаса лазат босизе. Цадахъ вачунаан машгьурав композитор Майиндур Тӏалхӏатовги. Гьес пандрида бакъналги рачун, ахӏулаан кучӏдул. Чанцӏулго ана Салманил ватӏан Алмахъалде. Цоцазде ругьунлъарал нижеда кӏочонаан нижерго хъулухъалги ригьги. Махсараби гьарулаан, цоцазе «хӏиллаби» ургъулаан, амма цониги нухалда ккечӏо цадахъ вугесул ракӏхвезабиялъул хӏужа – барщизе бегьилин ракӏалдецин кколароан нижеда. Шагӏир ва драматург Уильям Шекспирица абун буго: «Гӏицӏго унго-унгояв гьудуласухъа бажарула жиндир гьудуласул загӏиплъи хӏехьезе», — ян. Нижеца цоцазул адаб гьабулаан – къадруялъулги гӏунгутӏабазулги. Машгьурав полководец Александр Суворовас абухъе-го, нижер букӏана «ракӏбацӏцӏадаб бухьенги цоцазда кӏалъалаго, гьереси бицунгутӏиги». Нижер хъизамаздаги гьудулзабаздаги лъалаан, кинал гьудулзаби ниж ругелали», — ян.\n«Дагъистаналъул интеллигенциялъул конгресс» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул председателасул заместитель Гӏабдула Мухӏамадовас гьадинаб пикру загьир гьабуна: «Салман вуго тӏабигӏаталдеги сапараздеги рокьи бугев инсан. Цо чанго соналъ цебе дицаги, Салманицаги, Кӏулзеб росулъа чанахъан Гӏалицаги, Бацӏадаса Исрапилицаги Цӏияб сон дандчӏвана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги шагьранухазда гьоркьоб бугеб рохьоб. Ракӏчӏун абила: цохӏо Салманида лъала Таргъу-мегӏералъул кинаб бакӏалда жеги рижулел ругелали даруял хурдул. Дица диего гӏемер кьола суал: кин гьесухъа, цеве-ккун республикаялъул прокурорлъун хӏалтӏарав чиясухъа, бажарараб тӏабигӏаталъе ритӏухълъи цӏунизе ва гьебгӏан вацӏцӏадавлъун вукӏине?! Рохьоб акациялъул гъветӏ чӏарав чи гьев гурони лъаларо дидаян бицунаан Шамил Мухӏамадовас (Пачалихъияб Советалъул председатель Мухӏамадгӏалил вацас)», — ан.\nХӏалтӏуе, гьабулеб ишалъе ритӏухълъи цӏунизе, гьелде чорхол жанги жигарги буссинабизе бигьалъула, хъизан-рукъалъул иш парахатго бугони. Гьеб рахъ, жиндаго тӏаде босун, ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна Салманил хъизан Мадинатица. Гьелъул таваккал гӏуна кӏиго васги цо ясги, лъикӏаб тарбияги кьун, инсул адаб-хӏурмат гьабулеллъун куцазе. Васал Идрисги Тимурги ана инсул нухдасан – гьел кӏиялго руго юристал. Яс хӏалтӏулей йиго тохтурлъун."}
{"slug": "10516-magiishat-miskinl-arab-rukhiiyab-rakh-bechel-arab-l-agiel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10516-magiishat-miskinl-arab-rukhiiyab-rakh-bechel-arab-l-agiel", "title": "Магӏишат мискинлъараб, рухӏияб рахъ бечелъараб лъагӏел", "date": "2021-01-19 07:05:58", "categories": ["history"], "text": "2020 соналъ инсаниятго хӏинкъизабуна, хӏикмалъизабуна ва гьелдаго цадахъ гӏумрудул къимат гьабизеги ургъизе тӏамуна. Гӏаламго къеркьезе ккана бихьулареб тушманлъун лъугьараб коронавирусалде данде.\nКоронавирусалъ бусурбабазе гьарурал заралазул цояблъун ккана унти цӏикӏкӏиндал мажгитал къай, хӏежалде риччангутӏи. Гьедин бугониги гӏадамазул иман загӏиплъичӏо, хӏатта гьелъул гӏаксалда, диналъул къимат борхана, диналъул вацасе гьабулеб дугӏаги кумекги цӏикӏкӏана.\nЖамагӏат цадахъ данделъизе рес букӏинчӏониги, ракӏал цолъун гьабуна рес къотӏаразе кумекги.\n2020 соналда экономикияб рахъ нахъе кканиги, рухӏияб рахъалъ цебетӏунин абизе бегьула республика.\nПандемиялъул заманалда лъугьарал захӏмалъабазухъ балагьичӏого, республикаялда мажгитал ва мадрасаби рагьана, цӏиял тӏахьал къватӏире риччана, рухӏияб тарбия кьеялъул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏичӏо.\nРеспубликаялъул рухӏияб рахъалъулъ кӏвар бугел лъугьа-бахъиназул цояблъун букӏана Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб Рухӏиябгун лъай кьеялъулаб центр балеб ракьалъул киналго документазул иш мухӏкан гьаби. Гьениб гьабулеб хӏалтӏиги гьоркьоб къотӏизе течӏо. Хӏатта пандемиялъул заманалъул бахӏарзал – тохтурзабазул цӏаралда хӏухьбахъиялъул ахгицин (аллея) рагьана.\nРухӏияб централдаса Каспий ралъдал рагӏалде щвезегӏан, 1,3 километр халалъиялъул манзилалда, батӏи-батӏиял гъутӏбиги чӏана гьеб хӏухьбахъиялъул ахикь.\nГьединго Дагъистаналъул муфтияталъул квербакъиялдалъун Махӏачхъалаялда рагьана «Шагьидзабазул ахги» (сквер).\nАварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Аллагь Жиндирго лагъасе кумек гьабулев вукӏуна жиндир (диналъул) вацасе кумек гьабулев гьев вугебгӏан заманаялъ», — абун.\nРекӏелъ гурхӏел-цӏоб цӏикӏкӏараз диналъул вацазе кумек гьабулеб букӏана «Инсан», «Бацӏцӏадаб ракӏ» ва цогидалги гурхӏел-рахӏмуялъулал фондал гьоркьор ккунги. Цояз тӏатун, цогидаз кваранаб квералъ кьураб квегӏалда лъаларедухъ хӏалкӏвараб къагӏидаялъ гьабуна садакъаги.\nУнти тӏибитӏараб заманалда хӏалтӏиги магӏишат-яшав гьабизе ресги гьечӏого хутӏарал гӏадамазе «Инсан» фондалъ квен-тӏехалдалъун гьабуна кӏудияб кумек. Медицинаялъул идарабаздацин гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз кверчӏвай гьабуна.\n«Инсаналъ» исана ресукъал гӏадамазе кумекалъе 150 миллион гъурущ бакӏарана. Цогидал гурхӏел-рахӏмуялъул фондазги гӏемераб хӏаракат бахъана гьеб халкъалъего гӏаммаб къварилъиялъулъ цоцазе кумек гьабизе.\nРеспубликаялда унти тӏибитӏараб мехалдаги муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасул баракаталдалъун пачалихъалъул рахъалдаса кӏудияб кумек щвана. РФялъул президент Путинилгун тӏобитӏараб онлайн-дандчӏваялда хӏукуматалъул вакилзабаз цӏар бахъичӏого тараб захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ бицана ва коронавирусалъ бецун балеб бугеб халкъалъе пачалихъалъул ра-хъалдаса кумек хӏажат букӏин загьир гьабуна муфтияс.\nРеспубликаялъего кӏудияб ками ккана коронавирусалдалъун. Байбихьудаго унтуда божулел рукӏинчӏелги кантӏана, рагьдухъе гьеб «тушман» щведал. Щивав чи унтичӏониги, букӏана рекӏелъ хӏинкъиги, метерисеб къоялда божилъи гьечӏолъиги, васвасдиги.\nЖинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: «Жиндие цо гӏузру яги захӏмалъи, унти ялъуни пашманлъи, хӏатта рекӏел рахӏат хвезабулеб къварилъи ккарав муъминчиясул мунагьал чурула», — ян. Муъминчи унти — гьеб Аллагьасул цӏобги саламги бугин абун, рекӏелъ иман бугез жидедагоги сверухъ ругездаги яхӏ гъолеб букӏана.\nСвалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго: «Цо къо нилъее пайдаяб бачӏани, цоги къо нилъе-да данде бугеб бачӏуна», — абун. Данде бачӏараб захӏматаб къоги бахӏарчиго нахъа танин абизе бегьула нилъер тохтурзабазги, жамгӏиял хӏаракатчагӏазги, халкъалъул рухӏияб рахъалъул ургъалида ругел диниял церехъабазги.\nПандемиялъул заманалда нилъеда бичӏчӏана щивасда диниял гӏадаталги шартӏалги лъазе кколеблъи. Коронавирусалъ унтун къадаралде щварал гӏагарал гӏадамазул жаназа чуризе ва гьенир тӏуразе тӏадал шурутӏал лъалев чи щоларого хутӏарабги букӏана заман. Рес къотӏарал гьединал бакӏаздаги ку-\nмекалъе ратулаан диниялгун жамгӏиял гӏуцӏабаз хӏадур гьарурал малъа-хъваязул видео-материалал.\nГӏемерисезда бичӏчӏана унтуда данде къеркьезе къуватги рекӏее парахалъиги диналъулъ букӏин.\nКиназего захӏматаб соналда республикаялъул динияб гӏумруялъулъ цоги лъикӏаб лъугьа-бахъинлъун ккана исламияб лъай кьеялде кӏвар цӏикӏкӏинабизе кӏвей.\n2020 соналда Дагъистаналда, шайих Мухӏамад-Гӏарифил цӏаралда бугеб ДИУялъул кьучӏалда, муфтияталъул минаялда тӏоцебе тӏобитӏана исламиял гӏелмабазул рахъалъ докторлъиялъул диссертациял цӏуниялъул тадбир. Цебейин абуни, республика тун къватӏиб гурони гьеб иш гьабун бажарулароан. Гьанже республикаялда буго исламиял гӏелмабазул докторантураги.\nЖакъа Интернеталъ тарбия кьун гӏолеб гӏелалъе битӏараб нух бихьизабулел исламиял гӏалимзаби цӏикӏкӏинги рухӏияб тарбия кьолел тӏахьал къватӏире риччайги республикаялъего пайдалъун букӏина.\nБиччанте нилъее Цӏияб сонги баракатаблъун, рахӏматазул цӏураблъун, унтудаса, балагь-къварилъиялдаса цӏунараблъун букӏине."}
{"slug": "10517-umumuzul-tarikh-magiarul-matsialda-tsialize-l-aze-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10517-umumuzul-tarikh-magiarul-matsialda-tsialize-l-aze-kkola", "title": "«Умумузул тарих магӏарул мацӏалда цӏализе лъазе ккола…»", "date": "2021-01-19 07:22:04", "categories": ["insan"], "text": "Бицун рагӏун гуреб, бихьун лъарасда гурони бичӏчӏуларо казият биччаялъул хӏалтӏи, дандчӏвалел захӏмалъаби. Чангияз, бигьаяб ишин гьабизе байбихьун, хӏал кӏвечӏого, рехунги тана гьеб. Мисалал гӏемер руго.\nДиналъе эркенлъи кьураб 1990 соналда, цӏад бан хадуб гӏурдахӏаналгӏанги гӏемерлъана ритӏухълъиян ахӏулел, динияб темаялда гӏуцӏарал казиятал. Гьезул гӏемерисезул гӏумруги къокъаб батана.\nМоцӏида жаниб цо нухалъ, гӏурусгун магӏарул мацӏазда къватӏибе бачӏунеб, жамгӏиябгун политикияб ва диниябгун лъай кьеялъул «Нурул ислам» басмаялъе кьучӏ лъуралдаса исана лъеберго сон тӏубала.\nДагьалъ цеве редакциялде гьоболлъухъ щун вукӏана гьеб басмаялъул редактор, гӏалим, публицист Мухӏамад Хӏажиев. Казияталъул тӏоцересел галабазул, жакъасеб къоялъул бицун гьесулгун гара-чӏвариги гьабуна нижеца.\n— Мухӏамад, 90-абилел сонал рукӏана ресукъал. Казият биччазе сурсатал киса щолел рукӏарал?\n— Доб заманалда казият биччазе расги бигьаяб иш букӏинчӏо. Гӏолохъанав тохтурасул харж дагьаб жо букӏана. Дирго намусаб хасияталъ, казияталъе кумек гьабеян абизеги кӏолароан лъидаго. Захӏмалъулеб, казият биччай чӏезе тезе бугин абидал, кӏудияв эмен разилъичӏо, гьеб ишги бусурбанчиясул гъазават бугин абуна гьес. Кӏудияс рухӏияб къуват, кумек кьуна дие. Хадусел соназ Сагӏид афандияс гьикъидалги бицун букӏана захӏмалъулеб бугин казият биччазе. Кумек хӏажалъани, жиндихъе вачӏайин, амма казият биччай гьоркьоб къотӏизе тогеян абуна гьесги.\n— Бакълъухъа Кӏудиясул дарсал щвей — гьеб къиматаб кьучӏ буго чиясе. Киналго лъималазул лъималазе гьедин заман кьезе рес букӏунаанищ тӏарикъаталъул устарасул?\n— Букӏинищха. Амма дие эбел-инсуца рокъоб кьуралдаса цӏикӏкӏун кӏудияв инсудаса щвана тарбия-лъай. Щаялиго дир цӏалиялде хасаб кӏвар кьолаан гьес.\nМединституталде цӏализе лъугьана 1977 соналда. Кӏиабилеб курсалда цӏалулеб мехалъго бицен гьабун букӏана Кӏудияс дие, Хъарани росулъ вугила лъикӏав тохтур Гӏабдужалилин абун. Сундуе гӏоло гьес гьеб бицарабали дицаги пикру гьабун букӏинчӏо. Мединституталда цӏали лъугӏидал, интернатураялъул заманалда Шурагьив вукӏана дун хӏалтӏулев. Цӏикӏкӏарал тохтурзабазул бербалагьиялда гъоркь гурони жалго эркенго хӏалтӏизе толароан доб мехалъ интернатура лъугӏичӏел чагӏи. Гьединаб закон бугониги, Эрпели росулъе витӏана хӏалтӏизе, гьенив терапевт хӏажат вугинги абун. Цӏакъ бокьуларого вукӏана, хъизангун, гьитӏинаб лъимергун чияр росулъе ине. Эрпели росдал участкаялъулаб больницаялда ватана Гӏабдужалил хӏалтӏулев. Гьеб мехалда ракӏалде щвана чанго соналъ цебе кӏудияв инсуца абун букӏараб. Хӏикмалъана гьесда аскӏове дун ккеялдаса. Гьесухъ цӏалана гӏелму. Гьединал чагӏи рукӏунаха устарзаби, нилъеда бихьичӏого, лъачӏого нух рагьулел. 1983 сон букӏана гьеб.\n— Лъикӏаб, кӏудияб казият буго нилъер «Ас-салам». Исламалъул бицунеб цоги казияталъул хӏажалъи бугищ гьанже?\n— Букӏинчӏебани «Нурул ислам» цебего къалаан. Казияталъ байбихьудасаго бачунеб аслияб тема буго Къуръаналда бугелда, хирияв аварагас бицаралда гьанжесеб гӏелму дандекквей. Гьанже буго гӏелму гъоб заманалда бицаралда хадуб гъолеб. Гьеб дандекквей нижеца кьола гӏадатияб мацӏалъ, пайда босизе бигьалъулел мисалаздалъун. Исламияб ва гьанжесеб гӏелму бичӏчӏулел гӏадамаз цӏалула «Нурул ислам», цӏалдолезул рахъалъан дандерижиги букӏуна. «Ас-салам» гьабулезе букӏина гьелъул кири, «Нурул ислам» гьабиялъул диеги букӏиналда хьул буго.\n— Мухӏамад, мун гӏумруялъго тохтурлъун хӏалтӏулев вуго. Нилъер сахлъи цӏуниялъул бутӏаялда бугеб тӏекълъи, хъантӏи дуеги балъголъи батиларо?\n— Имам Шафигӏияс ракӏ унтун хъвалеб буго: «Шаргӏияб гӏелмуялдаса хадусеб жо буго тохтурлъи, насраниязги ягьудиязги гӏадин букӏине кколеб хӏалалъ бусурбабаз тохтурлъи гьабулеб гьечӏо», — ян. Къвакӏараб иман гьечӏони, гъурщица чи гуккулеблъи баянаб жо буго. Советияб заманалда медицина къуваталда букӏана. Гъоб мехалъ кесарево сечение гьабулаан бищун цӏикӏкӏун 5 процент улбузе. Гьанже 40 проценталъе гьабулеб буго. Аллагьас кинабго рекъезабураб тартибалда лъун буго лъимер гьаби, гьанжейин абуни гьелъул магӏна биххизабун буго тохтурзабаз. Гьелдалъун кӏудияб зарал буго эбелалъеги лъимадуеги. Операция гьабун бахъараб лъимерги загӏипаб букӏуна.\n— Гьадинаб кӏудияб эркенлъи диналъе кьураб заманалда инсанасул иман загӏиплъи гьечӏищ гӏаламат…\n— Кӏвар бугеб жо бичӏчӏуларого буго нилъеда, абадиялъ батулелде регӏулел гьечӏо магӏишат гӏуцӏулаго, цӏар балагьулаго. Пикру гьабурав чиясда бичӏчӏулеб кӏудияб эркенлъи буго гьабсагӏат нилъер улкаялда бусурбабазе. Рес буго гӏелму босизе, дин гьабизе. Дунял бижаралдаса нахъе гьадинаб заман букӏинчӏо. Бокьилин ккарабщинаб щвараб, камураб жого гьечӏеб заман буго гьаб. Гьабсагӏат инсанасул гӏумру гьабиялъул кӏиго батӏияб къагӏидаялъул бихьи, бичӏчӏи буго. Тӏоцебесеб — Аллагьасда цебе батизе, балъго лъикӏаб гӏамал, кӏиабилеб — жамгӏияталъул пикру, ай рихьдае гьаби, гӏадамазда берцин вихьизелъун хӏаракат бахъи. Кӏиго жо буго нилъер гӏумруялда — гӏибадатги гӏадатги. Гӏибадат — Аллагь лъан дуего гьабулеб, гӏадат — гӏадаталде сверараб гӏибадат.\n— Бищунго сундаса вохулев?\n— Бусурбанчиясе гьабизе кӏвараб кумекалдаса.\n— Бищун рекӏекълъараб щиб?\n— Гӏадада араб заман. Гӏолохъанаб мехалъ ният букӏана нусго тӏехь биччазе. Гьанжелъизегӏан, гӏараб ма-цӏалдаса магӏарул, гӏурус мацӏазде таржама гьабун ва дицаго данде гьабун 22 тӏехь биччана.\n— Кӏудиял гӏунин абун, лъималазе тарбия кьей гьоркьоб къотӏизе тезе бегьулищ?\n— Бегьуларо. Эбел-инсул малъиялде лъимал кидаго хӏажатал рукӏуна. Мунагьал чураяй эбелалъул малъи, тӏалаб букӏана дие херлъидалги. Гӏакълу-лъай щун бугин, бугелда гӏей гьабун, лъимал тезе бегьуларо, цӏикӏкӏинабизе ккола гьездаса тӏалаб.\n— Миллияб мацӏалде кӏварго кьоларезда щиб абилеб?\n— Нилъер изну гьечӏо кӏвар гьабичӏого мацӏ кӏочене тезе. Исламалда рукӏарал нилъер умумузул тарих магӏарул мацӏалъ цӏалун лъазе ккола.\nДица абила, магӏарулал руго Аллагьасго тӏаса рищарал чагӏиян. Магӏарулаз кидаго ислам кьучӏалда гьабуна, гьединаблъун тӏибитӏизеги гьабуна. Нилъер магӏарухъ, росабалъ школазде гӏисинал лъимал рачӏунел руго рахьдал мацӏ лъаларел, ай гӏурус мацӏ бицунел. Гьединаб хӏинкъараб хӏалалде ккун буго жакъасеб гӏумруялъул гӏуцӏи.\nГьединлъидал нилъеца хӏаракат бахъизе ккола динги гӏелмуги къвакӏун, бацӏцӏадго кквезе.\nГьитӏинаб мехалда дида кколаан 30 сон барав херав чи вугин. Жакъа дун вахун вуго 60 сонил ригьалде, гӏумру буго хехго унеб жо. Бихьарасда гӏадин гӏумру лъаларо. Нилъеда цебе буго кьури гьечӏеб абадияб дунял. Доб, абадияб, нилъехъа унареб хӏалалда цӏодорго рукӏине ккела бусурбаби."}
{"slug": "10518-talikhial-ul-g-asda-bakarab-tsiadukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10518-talikhial-ul-g-asda-bakarab-tsiadukh", "title": "Талихӏалъул гъасда бакараб цӏадухъ", "date": "2021-01-19 07:55:18", "categories": ["obshestvo"], "text": "Бокьула дие гӏумруялъул гӏидраялда рокьул накъишал угьарал, къисматалъе анкькьераб нуралъул кьерал сайгъат гьабураб, риидал мугӏрузул авлахъазда рижарал тӏугьдузул релъабаз цо-цо бутӏаби релъарал цӏалдохъабазул хӏакъалъулъ хъвазе. Буго дир дирго гӏумруялъул хасаб тӏехьги. Гьелдаги буго цо чанго бутӏа, цӏалдохъабазул гӏисинал квераз жидерго къисматалде каву рагьарал. Гьале цӏидасанги дида цебе гьеб хӏикматаб тӏехь. Цӏидасанги тӏад юссуней йиго гӏагараб росдал школалде. Гьале тӏехьалъул иргадулаб тӏамач – ва гьенисан дие гьимулел руго Раисатилги Сидратилги сипатал. Дида цере кенчӏолел руго кӏудияб божилъигун дихъ ралагьун ругел гьезул хӏайранал берал. Школалде хӏалтӏизе ячӏун гӏемер заман иналдего, гьел рачӏана тӏоцебесеб классалде. Анцӏила цо соналъ гӏенеккана дун гьезул анищазул хӏанчӏазул сариназухъ. Цӏидасанги рагӏулел руго, «Щиб жо кколеб талихӏ?» абураб сочинение хъвалелъул, гьез дие кьун рукӏарал жавабал.\nРаисат:\nДун талихӏайлъун йикӏине йиго, дир кумекалдалъун цониги чи талихӏавлъун лъугьани. Бокьун буго дирго лъимерлъиялъул анищ гӏумруялде бахъинабиялъе нигатги гьабун, тавакалаб гали тӏамизе тохтурлъиялъул хӏикматаб дунялалде ва хъахӏаб халгӏаталъе базе бугеб гьаялъе ритӏухъайлъун хутӏизе. Бокьун буго цогӏаги унтарасул гӏумру хвасар гьабизе, гьесие дунялалъул берцинлъи тӏад буссинабизе. Гьеле гьеб мехалда букӏина дие дирго талихӏалдаса рохелги лазатги…\nСидрат:\nДир анищ буго тохтурлъун яхъине. Гьелъулъ батила дир талихӏалъул магӏнаги. Бокьулеб хӏалтӏиги, хӏалтӏудаса свакан рокъое щваниги, цереса ине гьечӏел унтаралги, цинги цӏидасанги гьезухъе гӏедегӏун ине йигей дунгоги, дандего бачӏунеб унтаразул гьимиги, дида къвал базе гӏедегӏарал унтаралги. Гьеле гьединаб буго дир талихӏалъул аслияб сарин. Макьилъги цебеса унеб гьечӏо хъахӏаб халгӏат. Гьелда хъублъиялъул тӏанкӏ лъезе течӏого хӏалтӏун бажари – гьеле дир талихӏалъул кечӏ…\nКъисматалъул нухазда\nДолдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Тӏурана ясазул анищал. Жакъа гьезул талихӏ гьалдолеб буго, гьеб боркьулеб буго унтаразде бугеб адабияб рокьуца.\nГьале жакъаги хӏайранго ялагьун йиго дун дирго цӏалдохъабазул суратазухъ. Гьезул гӏажаибго берцинаб балагьиялъ бицунеб буго жидерго талихӏалъул хӏакъалъулъ. Гьазда лъалеб букӏиндалха жидерго талихӏалъул багьаги, бакӏлъиги, тӏадагьлъиги, тамахлъиги, къуватги. Ва талихӏалъги хӏалбихьана гьезул – мустахӏикъал ругищ гьел жиндир кваркьидакь бугеб гьогьомиялъейилан.\nГӏумруялъул ахӏухъе\nАхӏи щвана Гъизилюрт шагьаралдеги. Рихха-хочи, магӏу, гӏоди. Гӏумруялъул зигара. Унтаразул угьди. Гьеле гьединаб букӏана дол къояз Раисатилги Сидратилги талихӏалъул сарин. Гьеле гьеб мехалда тӏубанго лъана гьезда жидецаго тӏасабищараб махщалил тӏадегӏанлъи. Къойилго дандчӏвалел хвелги гӏумруги. Къойилго сунеб гӏумру, судулеб бугеб къисмат. Къасилъи-къадлъи гьечӏого, гӏумру хвасар гьабизе «гьужумалъ» унел Раисатги Сидратги. Гӏумруялде бахъинабизе рес щвараб гьезул анищалъул хӏалбихьулеб букӏана макруяб унтуца.\nАмма гӏумруялъ ахӏуд рахъинарурал гьезда ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо къуркьизеги къезеги. Рукӏана хвелалги. Бугониги, Гъизилюрт шагьаралъул централияб больницаялъул хехаб кумекалъул машинаялъул тохтурзаби Сидрат Хӏажиевалъул ва Раисат Асадулаевалъул къуват гӏуна хвелгун къеркьезе. Ахир-къадги угьун биччазе рес щвана гьезул талихӏалъе.\nЛъачӏо гьезда свак, сваказе заманги букӏинчӏо гьезие. Тезе ккана гьез макьуги. Хвасар гьабизе кӏвараб гӏумруялъул къвалакьанги баккун, гьимулеб букӏана гьезул талихӏги.\nСидратилги Раисатилги хӏалтӏуе тӏадегӏанаб къимат кьуна республикаялъул нухмалъиялъ. Доб заманалда ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Владимир Васильевасул цӏаралдасан гьезие Баркалаялъул кагътал кьуна больницаялъул бетӏерав тохтурас.\nЦӏидасанги цоги нуралъ расенал угьана цӏалдохъабаз хъвазе тарал дир гӏумруялъул тӏохьол тӏанчазда."}
{"slug": "10519-dunayal-ul-ragialda-khital", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10519-dunayal-ul-ragialda-khital", "title": "Дунаялъул рагӏалда хьитал", "date": "2021-01-19 08:18:36", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Дунаялъул рагӏалда, тӏаса хьиталги рахъизарун, эхетизарулаан жугьутӏал. Гьезул щивасда нахъа вахъун чӏолаан кодоб таманча ккурав чӏвадарухъан. Гьез речӏчӏулаан ботӏролъ. Чӏварал рортулаан гӏурулъе ва жаназаги букъизе кколароан.\nГьеб вахӏшияб иш Будапешталда гьабуна 1944-1945 соназул хасало нацистазул «Скрещённые стрелы» абураб партиялъул вакилзабаз. Гьеб партия Венгриялда гӏуцӏана 1937 соналда. Радикалияб хасият букӏин хӏисабалдеги босун, Венгриялъул хӏукуматалъ чанцӏулго гьукъана гьелъул хӏаракат, амма нахъеги цӏи гьабулаан гьеб. Ахирги, 1944 соналъул октябралда, улкаялъул нухмалъиялде ккана Германиялъул рахъ кколеб хӏукумат. Гьелдаса нахъе «Скрещённые стрелы» партиялда куркьбал гъуна: гьелъие щвана бокьухъе мурадал тӏуразаризе ихтияр.\nБудапешт фашистаздаса эркен гьабуна 1945 соналъул январалъул ахиралда.\nГьабсагӏат тӏад руссине ратила хьитазул бетӏергьаби\nВенгриялъул тахшагьаралда, Дунаялъул рагӏалда тӏиритӏун руго бихьиназулги, руччабазулги, лъималазулги хьитал. Роол заманалда ракӏалде ккола, рагӏалда хьиталги рахъун, гьезул бетӏергьаби гӏурулъ чвердолел ругин ва кватӏичӏого гьел тӏад руссинин абун.\nХьитазде аскӏоре щведал бичӏчӏула, мекъи ккун вугеблъи: гьединал хьитал гьанже лъицаниги ретӏуларо; тӏадежоялъе гьел ретӏизего бажаруларо – хъазмил гьарурал ругелъулха гьел. Гьел хьитаз бакӏаб асар гьабула рекӏее. Щай гьел, хъазмил хьитал, гьенир ракӏарун ругел? Сверухъе балагьидал, бихьула хьонбакӏ ва гьелда кьабураб хъорщода гьабураб хъвай-хъвагӏай. Гьениб лъабго батӏияб мацӏалда хъван буго 1944-1945 соназул хасало Дунаялъул рагӏалда гӏемерав чи, гьездаго гьоркьор жугьутӏалги чӏванин абун.\nГьеб мехалда лъала гӏаламалъулго ракӏ гъанцӏизабулеб Холокосталъул къурбаназул памятник гьеб бугеблъи.\nГӏумруялъул ахирисел лахӏзатал\n19 сон барав Томми Дик вукӏана жугьутӏав. Хасало, нацизмалъул ахирисел къоязда, гьесул рокъоре кӏанцӏана яргъид гӏуцӏарал «Скрещённые стрелы» партиялъул вакилзаби. Гьеб букӏана жугьутӏаздаса шагьар эркен гьабиялъул мурадалда тӏобитӏулеб полициялъул рейд. Томмида цадахъ гӏумру гьабулеб букӏана гьесул гӏагарал чагӏи Эрикацаги Андрисицаги. Гьез гьев вахчана, амма полициялъулазда ватана. Хал гьабуна суннат гьабун бугищали ва киналго рахинаруна машинаялде.\nТоммица ракӏалде щвезабула: «Хӏинкъи букӏинчӏо дир рекӏелъ – гьалдолеб букӏана ццим. Гьабизе жоги лъаларо, лъутизе ресги гьечӏо. Дида лъалаан, гӏумруялъул ахирисел лахӏзатал тӏаде щун ругеблъи.\nНацистаз хьитал рахъизаруна. Рагъул заманалда басриялцин хьитазул багьа букӏана – гьел ричулаан, кванил нигӏматазухъ хисулаан. Дунай гӏоралдеги руссинарун, хӏатӏида гӏицӏго цӏорораб рагӏалда кьерда чӏезаруна ниж. Щивасда нахъа эхетана чӏвадарухъанги», — ян.\nХвалда цересел секундал цӏакъ халаталлъун рихьанилан бицунеб буго Томмица. Гьесда киданиги кӏочонароан жиндир яс чӏаго теян гьардолей йикӏарай чӏужугӏаданалъул гьардей. «Кьвагье!» — ян буюрухъ рагӏарабго, хьолбодехун буссинабуна гьес бетӏер– кин чи чӏвалевали вихьизе ва жиндир гӏумруялъе ахир щванин абураб пикруялдаса ватӏалъизе хьулалда. Гьеб мехалда бахъана кьвагьи, гулла щвана нилъазукь ва гьев лъавудаса ана. Лъавуде вачӏана, Дунаялъул цӏорораб лъелъе ккедал. Гӏуруца восун унев гьев чӏаго вугищали хал гьабичӏо нацистазги…\nВенгриялда нацистазул хӏукумат хӏалтӏана бащдаб лъагӏелгӏанасеб мехалъ. Гьеб заманалда Дунаялъул рагӏалда чӏвана лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Чӏваразул сияхӏ гьабулароан, ва жаназабиги унаан гӏоралъ росун.\nХъазмил хьитазе памятник\nВенгриялъул машгьурав режиссер Янош Кен Тогайда ракӏалде ккана гӏурул рагӏалда чӏварал жугьутӏазе памятник гьабизе. Гьес жиндир пикру загьир гьабуна скульптор Дьюле Пауэртие. Кӏиязулго рекӏее кӏудияб асар гьабуна гӏурул рагӏалда бахъараб хьитил сипаталъ. Гьез кьочӏое росана 60 чиясул хьитал – гьедигӏан чи чӏвалев вукӏун вуго нацистаз щибаб нухалда. Гьелдаса хадуб гьез цӏех-рех гьабуна доб заманалда гӏадамаз тӏад ретӏулел рукӏарал хьитазул. Гьабсагӏаталда мемориалалда лъурал хьитал руго рагъул соназда гӏемерисез ретӏулел рукӏарал.\n«Дунаялъул рагӏалда хьитал» абураб мемориал рагьана 2005 соналъул 16 апрелалда. Гьеб мехалда мемориалалда букӏана 120 хьит, ай 60 жут. 2012 соналда гьениса хьитал рикъун ана – ракӏалде щвеялъе лъицаялиго ун ратила. Гьенир ругел хьитазул цоял руго басралъарал – гӏемераб заманалъ тӏад ретӏаразда релълъарал; цоял руго гӏисинлъималазул, бихьиназулгун руччабазул. Гьел лъун гьечӏо чӏара-хьараб тартибги цӏунун – рагӏалалъул 40 метралъ тӏиритӏун руго гьел, чвердезе унел гӏадамаз гьабсагӏат тӏаса рахъарал гӏадин. Хьитазда гьоркьор кидаго ракун рукӏуна хӏедучирахъалги жугьутӏазул мацӏалда хъварал кагъталги. Гьезда жаниса камуларо тӏугьдузул квацӏабиги – гьел лъола Холокосталъул къурбаназул гӏагарлъиялъги дол соназул вахӏшиял ишаз ракӏ бекизабурал гӏадамазги."}
{"slug": "10564-k-unk-rabaz-ragukh-e-tun-bugo-kavu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10564-k-unk-rabaz-ragukh-e-tun-bugo-kavu", "title": "Къункърабаз» рагьухъе тун буго каву", "date": "2021-01-25 07:17:58", "categories": ["history"], "text": "Жакъа тӏолабго дунялалъулго аслияб масъалалъун лъугьун буго инсанасул сахлъи цӏуни. Гьеб мурадалда гьабулеб буго гӏемераб хӏалтӏи, тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, Махӏачхъалаялда бугеб «Къункъраби» абураб гӏелмиябгун сах гьариялъулаб комплексалдаги гӏемер тӏоритӏула гьединал тадбирал. Гьезул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталдасан» цебеги бицун букӏана.\nДагьал церегӏан къояздайин абуни комплексалда тӏобитӏана журналистазул гӏахьаллъигун пресс-конференция. Гьениб бицана 26 январалда тӏобитӏизе бугеб «Межконфессиональное согласие — залог постковидной реабилитации и духовного возрождения России» абураб Тӏолгороссиялъулаб гӏелмиябгун практикияб конференциялъул хӏакъалъулъ. Гьеб бухьинабун буго «Цолъи» абураб цӏаралда гъоркь гӏуцӏулеб бугеб рухӏиябгун лъай кьеялъулаб центр рагьиялда бан.\n«Къункъраби» комплексалъул генералияв директор, МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовасул хӏаракаталдалъун тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана диназул рахъалъ гӏадамазе кумек гьабизе бегьулел ресазулги. Масала, М. Мухӏамадовас абуна Дагъистаналъул муфтиясул, архиепископасул ва жугьутӏазул динияв цевехъанасул пикруги къабул гьабун, комплексалда бан лъугӏанин мажгитги, килисаги, синагогагиян.\n— Цӏияб унтуде данде гьабулеб хӏалтӏулъ цӏакъго кӏудияб кӏвар батана диниял идарабазул. Щайгурелъул мажгиталде, килисаялде, синагогаялде рачӏунезда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гьабизе цӏикӏкӏараб рес букӏуна. Гьединго лъабабго диналъул рукъзал рай — гьеб буго нилъер халкъазул цолъи бихьизабулеб мисалги.\n«Къункъраби» комплексалда гӏадамал сах гьариялъе хӏисабалде босула инсанасул рекӏел хӏал, тӏабигӏаталдаса, хасго ралъдадаса щолеб пайда. Жакъа вирусалъул унтиялде данде гьарулел дарабазул абизегӏанасеб пайда гьечӏеб заманалда, гьединал рахъаздаса пайда боси буго лъикӏаб иш. Гьелъ киналго разияб хӏасилги кьолеб буго. Гьелдаго цадахъ гьеб хӏалбихьиялъ рес кьола республикаялъул больницабазда гӏадамал регизе бакӏал эркен гьариялъеги. Гьединлъидал гьеб хӏалбихьи халкъазда гьоркьосеблъун лъугьинеги рес буго, — ян бицана М. Мухӏамадовас.\nМухӏамадица ва гьес нухмалъи гьабулеб коллективалъ гьаб нухалдаги сах гьаризе жидехъего ахӏулел руго коронавирусалъ унтун рукӏарал ригьалде рахаралги ва мискинал хъизамаздасаги гӏадамал.\n2000 соналде дандеккун Россиялда 10 азарго больница къайги тохтурзабазул къадар 12 проценталъ дагьлъун букӏинги хӏисабалде босани, М. Мухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь гьабулеб хӏалтӏи буго цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏараблъун.\nКомплексалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда журналистазул суалазе жавабалги кьуна гьелъул генералияв директор М. Мухӏамадовас."}
{"slug": "10565-sportsmengi-zhamagiatchigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10565-sportsmengi-zhamagiatchigi", "title": "Спортсменги жамагӏатчиги", "date": "2021-01-25 07:38:26", "categories": ["insan"], "text": "Цӏияб соналда цересел къоязда редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Ихаку Хӏайдарбегов.\nГугарухъан хӏисабалда советияб заманалда цӏар рагӏарав гьесие рес ккечӏо Олимпиялъул хӏаязул чемпионлъун вахъине (гьелъие гӏезегӏан ресалги бажариги букӏаниги).\nСпортсменасул къисмат батӏайиса ккана. Гьес хӏалбихьана тренерлъиялъулги, бизнесалъулги, жамгӏияб хӏалтӏулги.\n1985 соналдаса нахъе Ихаку Хӏайдарбегов Москваялда гӏумру гьабун вуго. Гьелде щвезегӏан гьев Германиялда, нилъер солдатал гугаризе ругьун гьарулев вукӏана.\n1986 соналда гьев Москваялде спортивияб клубалде тӏад вуссана. Хӏалтӏана Суворовасул рагъулаб училищеялда.\n1990-абилел соназда «Ватӏан» абураб фирмаги гӏуцӏун, коммерциялдеги жуван вукӏана Ихаку. Амма чанго соналдасан тренерлъиялдего тӏадги вуссана. Россиялъул гӏолохъанал гугарухъабазул тӏаса бищараб командаялъул тренерлъун вукӏана гьев.\nГьанже И. Хӏайдарбеговасе бокьун буго Москваялда гӏумру гьабулел дагъистаниязе кумекалъе ва зама-заманалдасан гьел дандчӏвазе квербакъулеб культурияб центр гӏуцӏизе.\nГьединаб центр гьанжеги буго. Амма гьелъул хӏалтӏи цӏи гьабизе къваригӏун буго Ихакуе.\nМоскваялъул дагъистаниязе\nкумекалъе\n— Гьанжеялдаса анцӏгогӏан соналъ цебе Москваялда бугеб Дагъистаналъул культурияб централъул хӏакъалъулъ гӏемер рагӏулаан бицунеб. Гьенир тӏоритӏулаан гӏалимзабазулгун, политиказулгун дандчӏваял, кумек гьабулаан Москваялда цӏалулел студентазе яги къварилъиялде ккарал ракьцоязе.\nМасала, ракӏалда буго Москваялда гӏагарлъухъ ракьги босун, гьениб гостиница, мажгит, школа базе, гьеб централда Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул цӏарги лъезе. Батӏи-батӏиял идарабазде кагътал хъван, хитӏабал гьарун, гьеб рахъалъ хӏалтӏи байбихьун бугин абизе бегьула.\nМасала, кватӏичӏого къотӏи гьабизе буго М. Горькиясул цӏаралда бугеб Москваялъул театралъул (МХАТ) художествияв нухмалъулев Эдуард Бояковасулгун. Жиндир лъимерлъи, гӏолохъанлъи Гъизилюрталда иналъ сундалъун бугониги Дагъистаналъе пайда гьабизе бокьун бугин вукӏуна гьев.\nГьедин бокьараб мехалда выставкаби тӏоритӏиялдалъун Дагъистаналъул культура, спорт, жамгӏияб гӏумру, экономикаялъул, туризмалъул яги гӏелмиял ресалгун цогидаб бихьизабизе квадратияб кӏинусго метр бугеб сверухълъи кьолеб буго Бояковас МХАТалда жаниб. Гьединаб машгьураб бакӏалде бакӏарулеб халкъалда цебе реклама гьабуни, кигӏан кӏудияб къадру республикаялъулги букӏинеб.\nЦо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула гьанже вахъун гьаб бетӏер унти тӏаде босизе щай абун. Дицаги гьабичӏони, цогидазги рехун тани, лъида божун нилъер миллатцоял, ракьцоял хутӏизе ругел? Гӏемер рачӏуна Москваялде 18-20 сон барал гӏолохъаби. Я рикъзи кьезе, я гӏакълу гьикъизе чиги гьечӏого, гьабизе жо лъаларого чара хун рукӏуна гьел. Цинги хъулухъ гьечӏеб пишаялда гьоркьовеги ккун, гӏадада хвезеги рес буго гӏолохъанчиясул гӏумру. Культурияб централъ абуни цониги жо ургъизе бегьула гьезие кумекалъе. Масала, цо чияс моцӏица гьабулеб хӏалтӏи цохӏо звонокалдалъун (лъай-хъваяздалъун) гьабулел гӏадамалги рукӏуна (депутатал, бизнесменал, политикал, артистал). Гьеле гьездасаги босизе бегьиларищ пайда?\nГьединго къварилъиялде ккарав щивав чиясе гӏарац кьезе хӏал кӏоларелъул, гьелъие гӏоло фонд гӏуцӏизеги хӏалбихьизе бегьула.\nЖакъа къоялда щунусазарго чи вугин абула Москваялда дагъистаниязул. Аслияб куцалда даран-базаралдагун хъаравуллъиялда ва транспорталда хӏалтӏулел руго гьел, — ан бицана И. Хӏайдарбеговас.\nГугариялде нух\nЦӏумада районалъул Инхокъвариса Хӏайдарбегилги Гьадигатилги анкьго лъимералъул цояв ккола Ихаку. Гьев гьавуна Ведено росулъ, дагъистаниял Чачаналде гочинарураб заманалда.\nХӏайдарбеговазул хъизан гьениса нахъ буссана 1955 соналда. Гьел, магӏарухъеги инчӏого, Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ чӏана.\nИхакуца тӏоцевесев тренерлъун кӏудияв вац Мухӏамад рикӏкӏуна. Гьес ругьун гьавурав, тӏадежоялъе гугариялде хӏатталдаса ун кӏудияб рокьи бугев Ихакуца данде вазе толев вукӏун гьечӏо щивго.\nГьедин, тӏадеялдаса тӏаде камиллъулеб букӏана Ихакул махщел. Хасго Махӏачхъалаялде, техникумалде цӏализе вачӏиндалги цӏубана гьеб. Гӏали Гӏалиевасул школалдеги ккана гьев.\nДагъистаналда спортсменал цӏикӏкӏун рукӏиналъе гӏилла гьадин бичӏчӏулеб буго Ихакуда:\n«Гьадинаб берцинал, квербиччарал, ракӏ бацӏцӏадал гӏадамазулги гьайбатал мугӏрузулги ракь Дагъистан букӏинчӏебани, гьалгощинал чемпионал рахъунароан. Гьелдаго цадахъ икъбалалда бараб жоги гӏемер букӏуна.\nКутакалда философия гъорлъ бугеб тайпа ккола гугари. Хӏисаб- гӏелмуги — гьелъулъ, философиягун физикаги — гьелъулъ. Хӏатта, жиндие бокьараб жо гьабизабизе дандияв тӏамизецин бажарула гугарухъанасухъа.\nГӏемерисел спортсменал байбихьуда гугарухъаби рукӏуна. Гӏицӏго хадур уна цогидал тайпабазде».\nХӏабиб\nГьанже, гугариго гӏадин, спорталъул цогидал тайпаби UFC-ялъул хӏаяз дагьалъ нахъе цун рукӏиналъеги мукӏурлъана Хӏайдарбегов.\n— Амма цо шоу гӏадаб жоги бугоха гьеб. Букӏаниги, жакъа нилъер спортсменазул къимат гьабулеб буго дунялалъго. Гьезул рахъккун, гьездаса рохулел гӏадамал Дагъистаналдасаги цӏакъ гӏемер ратула цогидал улкабазда. Хасго Хӏабибидаса.\nГьесдаса интеллигентлъи чорхолъ бугев цоги спортсмен дида лъаларо. Бокьараб даражаялда кӏалъазеги лъала гьесда. Тарбиялъул рахъалъги тӏад кӏалъазе бакӏ гьечӏо, — ян бицана гьес."}
{"slug": "10571-roshchnol-gokhiazda-nakh-a-kiigo-shagar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10571-roshchnol-gokhiazda-nakh-a-kiigo-shagar", "title": "Рощнол гохӏазда нахъа кӏиго шагьар", "date": "2021-01-25 08:26:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Лидераз» биххараб къотӏиги къватӏахъ лъугьараб гъуниги\nМахӏачхъала шагьаралъул къватӏал нахъеги кьишни-къулалъул цӏуна. Цӏияб соналъул байрамалдаса хадуб гӏемертӏалаял минабазда цере ругел азбаразда рощнол гохӏал гӏуна. Гьебго сурат букӏана ва гьабсагӏаталдаги хисун гьечӏин абизе бегьула Каспийскиялдаги. Рищни бакӏарулеб «Лидер» компаниялъ республикаялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъулгун гьабун букӏараб къотӏи биххана 11 январалда ва лъазабуна жидеца тӏокӏаб гьеб бакӏаризе гьечӏин.\n— Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ конкурс лъазабун буго рищни-къул бакӏарулеб цӏияв регионалияв оператор тӏаса вищизе. Конкурс тӏобитӏулеб къоги жеги чӏванкъотӏун чӏезабун гьечӏо. Гьабсагӏаталда ниж хӏалтӏулел руго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал роцӏцӏинабиялда тӏад, — ан бицана министерсвоялъул пресс- хъулухъалъ.\nГьединлъидал Махӏачхъалаялъул мэриялъ жидерго сурсаталги хӏалтӏизарун, тадбир гьабулеб буго шагьаралда гӏемерлъун бугеб кьищни бакӏариялъе. Гьабсагӏаталда рищни бакӏарулеб буго «Махачкала — 1» абураб муницпалияб идараялъул 400 хӏалтӏухъанасги ЖКХялъги, гьединго 130 техникаги буго кумекалъе.\n«Лидералъул» сихӏраби ва\nтарифазда сверухъ дагӏба\nКьищни-къул бакӏарулев цо регионалияв оператор щибаб регионалда тасдикъ гьавизе байбихьана улкаялда гьелда хурхун реформа къабул гьабун хадуб. Гьев операторги тасдикъ гьавула щибаб регионалъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ. Дагъистаналда гьединав операторлъун букӏана «Лидер» компания.\nТахшагьаралъул мэриялъул пресс- хъулухъалъул нухмалъулей Зайнаб Гӏалимирзаевалъ, гьеб ахӏвал- хӏалалъул бицунаго, гьадин абуна:\n— «Лидер» компаниялъ министерствоялъулгун гьабун букӏараб къотӏи-къай хвезабуна. Гьелъие гӏиллалъунги гьез рехсолеб буго кьищни бакӏараралъухъ 2021 соналда чӏезабулеб тариф рехсараб министерствоялъ жеги чӏезабун гьечӏолъи.\nЗаконалда рекъон «Лидералъ» жидецаго къотӏи хвезабулеб бугони, цӏияв регионалияв оператор тӏаса вищизегӏан жидедаго тӏадаб хъулухъ тӏубазе кколаан гьелъ. Амма компаниялъ гьеб низам цӏуничӏо. Дида бичӏчӏухъе, гьезие къваригӏун букӏана исана соналдаса байбихьун, кьищни бакӏараралъухъ кьолеб мухь цӏикӏкӏинабизе.\nТӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъги республикаялъул тарифазул хъулухъалъги гьез цебе лъураб шартӏ къабул гьабичӏо. Гьаниб баян гьабизе ккола цоги хӏужаги. Кьищни-къулалъул реформаялда рекъон, гьеб бакӏаризе регионалияв оператор тасдикъ гьавун хадуб, рищни бакӏариялъул хӏалтӏи гьабизе ккола цохӏо гьеб идараялъ ва тӏокӏаб лъилниги ихтиярги букӏунаро гьеб хӏалтӏизе тӏубазабизе. Гьелда рекъон, жидедаго тӏадаб хъулухъги гьез тӏубазе ккола ракӏбацӏцӏадго. Амма нилъер гьаниб гьедин гьечӏо. Министерствоялъги «Лидер» компаниялъги хъвараб къотӏиялда буго цо гьадинаб тӏадежубай: масала, къалазда жаниб бугеб гурони, сверухъе бан батараб рищни гьез бакӏаризе кколаро. Гьединлъидал къалазда аскӏоб лъугьараб рощнол гъуни гьез квер хъвачӏого толеб букӏана.\nГьанже цӏияв регионалияв оператор щвезегӏан жидее кумек гьабиларищин гьарана нижеда Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ. Цӏакъго гӏорхъолъа борчӏараб хӏалалде иш ккечӏого букӏине, нижецаги кӏвараб рес батун, хӏалтӏи гьабулеб буго.\nШагьар бацӏцӏад гьабулел хӏакимзаби\nИш цойиде ккезегӏан ва цӏияв оператор щвезегӏан нижеца кӏвараб хӏалтӏи гьабизе буго. Гьабсагӏат, гӏадамал малъичӏого, хӏалтӏулеб буго 1130 техника. Гьединго нижеда кверчӏвалеб буго предпринимателазги цогидал идарабазги. Мисалалъе, нижер букӏинчӏеб, кьищни-къул бакӏаризе кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб хасаб техника кьуна гьез нижехъе, — ян бицана З. Гӏалимирзаевалъ.\nКаспийск — къватӏал рацӏцӏад\nгьарулеб хъулухъалъухъ балагьун\nРищни-къулалъул гохӏазул цӏун руго Каспийскиялъул минабазда цере ругел азбаралги.\n19 январалда шагьаралъул мэр Борис Гонцовас лъазабуна рищни бакӏаризе «Зеленый город» абураб муниципалияб бюджеталъулаб цӏияб идара рагьизе бугин кватӏичӏого. Цохӏо кьищни бакӏари гуребги, нухлул рагӏа-ракьанда ругел ракъварал гъутӏби нахъе къотӏиялъул, гьединго къватӏул гьаби кквеялъул хӏалтӏабиги тӏуразе руго гьеб хъулухъалъ."}
{"slug": "10572-akhii-baze-kkarab-khial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10572-akhii-baze-kkarab-khial", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал", "date": "2021-01-25 12:14:23", "categories": ["magiarukh"], "text": "Коронавирусалъул унтудаса цӏуниялъе гӏадамаз щиб гьабулеб бугебали бихьизе росабалъе унев Гъуниб районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировгун цадахъ ниж щвана Кудалиб росдал участкаялъулаб больницаялде.\nНиж рачӏиндал, больницаялъул хӏалтӏухъабаз бицана жидер гьаниб гьалбал гӏодор чӏезаризе сах-саламатал бакӏалцин гьечӏин абун. Хъваш-баш гьабун хадуб, районалъул бетӏерас, больницаялъул хӏалтӏул, гьенир гӏолел-гӏоларел рахъазул, цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицун, медицинаялъул хӏалтӏухъабазулгун данделъи тӏобитӏана. Районалде ахӏун анин абун, гьеб къоялъ больницаялъул заведующая Басират Ахӏмадова хӏалтӏуда ятичӏо. Гьединлъидал нижер гара-чӏвари ккана кӏудияй медсестра Гӏабдурахӏимова Умарашидатилгун.\nКавказалъул рагъул соназда вихьун вуго цересел кудалисезда тӏоцебе хъахӏаб халгӏат ретӏарав чи ва рагӏун буго гӏурусазул цӏар рагӏарав тохтур Пироговас авлахъалъулал шартӏазда операция гьабиялъул хабар. Гьесул кумекчилъун вукӏун вуго Кудалиса Къадиев Къади. Пироговас гьесие сайгъатги кьун букӏун буго.\nМашгьурав хирургасе операциязда кумек гьабулеб букӏун буго Кудалиса Арцулаев Муртазагӏалица. Гьесул пагьму-гьунаралдасаги лъукъарал сах гьаризе бугеб махщалидасаги разилъарав Пироговас гьесие сайгъаталъе хирургиялъул алатазул наборги кьун буго. Гьелги хӏалтӏизарун, гвангвараялъул ракьаги борлъун, Муртазагӏалица цо лъукъарав рагъухъанасе операция гьабиялъул хӏакъалъулъ кудалисез жакъаги бицуна.\nГӏадамал сах гьариялъе Аллагьас гьединаб махщел кьурал чагӏазул росулъ буго цӏакъго цебе бараб гӏадаб, пуланав чиясул минаялъуб хӏебтӏун бугеб, 11 койка-бакӏ бугеб больница. Гьенив вуго 16 хӏалтӏухъанги.\nРуго цаби-гӏусазул ва гӏаммаб кабинетал, руччабазул ва бихьиназул палатаби.\nАхираб нухалда больницаялда капиталияб ремонт гьабураб мех лъалеб гьечӏо. Больницаялда гьечӏо сах-саламатаб мебель, бугебги буго басрияб, мукъсанлъи буго бусен-къайиялъул рахъалъ. Дарабазул рахъги расги лъикӏаб хӏалалда гьечӏо. Газеталда лъезе больницаялъул минаялъул сурат бахъулев дида медсестраялъ абулеб рагӏана: «Суратал рахъичӏого, нижее дарабаздалъун кумек гьабуни лъикӏ букӏина», — ян.\nГьел шартӏазда хӏалтӏулел больницаялъул хӏалтӏухъабаз бицана гӏадамазда гьоркьор тӏиритӏун ругин рекӏел ва бидурихьазул, гьуъразул, ургьисалабазул унтаби, хаслихъе ва хасало — гриппалъул унтаби, гӏемерлъун ругин бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏи.\nДиспансеризациялъ бихьизабула халкъалъул сахлъиялъул бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏал. Гьединал хал гьабияз чӏезабуна туберкулезалъ унтарав чи къанагӏат вукӏин, щуго чи вуго чакрил унти бугев, анлъго чи — ракалъ унтарав.\nЖакъа больницаялда къваригӏинчӏеб жого гьечӏин абуни, мекъи букӏинаро. Амма гьелъул хӏалтӏухъабаз районалъул бетӏерасда гьарана жидее ксероксги, компьютерги, хехаб кумекалъул цӏияб машинаги щвезе кумек гьабейилан.\nМ. Къадировасги рагӏи кьуна, кватӏизе течӏого, гьезул гьари тӏубазабизе.\nГъоркьиса хӏукму гьабун букӏун буго росдал больница къазе, амма районалъул бетӏерас биччан гьечӏо. Жакъа бугеб гӏадаб хӏалалда больница тани, медиказе хӏалтӏи букӏин гурони, унтаразе гьелдаса мукъсанаб гурони пайда букӏинаро.\nКинго бичӏчӏуларо, «Земский тохтуриланги» абун, миллион гъурущги босун, хӏалтӏизе ячӏарай больницаялъул заведующая Басират Ахӏмадовалъ, кумек гьарун, щай ахӏи баларебали. Цӏакъго ракӏ бухӏун гӏодани, беццаб бадисаги магӏу бачӏунин гурищ абулеб.\nХӏалтӏуе гьечӏел шартӏазул ва ресазул рахъалъ больницаялда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал- хӏалалъул бицун щай Басират кумек гьарун райадминистрациялде унарей, райбольницаялъул бетӏерав тохтурасухъе щай яккуларей, Сахлъи цӏуниялъул министерствоялде ун, щай гӏарз гьабулареб, сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазул рескомалда щай лъазабулареб?!\nГьел ва цогидалги суалазе жаваб балагьизелъун телефоналдасан бухьен ккуна Б. Ахӏмадовалъулгун. Цо чанго суалалъе жаваб кьейин чанцӏул гьараниги, «дир заман гьечӏинги» абун, гьелъ кӏалъазе инкар гьабуна."}
{"slug": "10575-nekisiyab-egipetalda-zagirl-arab-ganzhe-kibgo-khiazhal-arab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10575-nekisiyab-egipetalda-zagirl-arab-ganzhe-kibgo-khiazhal-arab", "title": "Некӏсияб Египеталда загьирлъараб, гьанже кибго хӏажалъараб", "date": "2021-01-25 12:20:40", "categories": ["obshestvo"], "text": "Нилъер гӏумруялда гьечӏого гӏоларел махщелал цӏакъ гӏемер руго. Гьединазул цояб ккола геодезистасул хӏалтӏиги.\nЧӏарада районалъул Кьорош росулъа Хӏажимурадов Мусаги ккола инженер-геодезист. Гьес лъугӏизабуна Ленинградалъул Горный институт, цӏалана халкъалда гьоркьосеб махщелчагӏи хӏадурулеб централда Германиялда. Гьев ккола ДРялъул мустахӏикъав бакӏал ралев чи, «МНТК-Альянс» ОООялъул генералияв директор.\n— Муса, щиб гӏелму кколеб геодезия, кинаб хъулухъ геодезистаз тӏубазабулеб?\n— Ракьалда тӏад кинаб бугониги хӏалтӏи гьабизе ккани (мина-карт ва цогидал объектал рай, нухал рахъи, майданал хӏадур гьари ва гь.ц), чара гьечӏого лъазе ккола гьелъул гьумералъул мухӏканаб сипат-сурат. Гьеле гьеб лъазабулеб, чӏезабулеб гӏелму ккола геодезия («Землеразделение»). Гьабсагӏаталдацин нилъ хӏикмалъизарулеб тайпаялъул, мухӏканго ва дурусго минабигун объектал ралаго, рикӏкӏадаб манзилалдаса лъим бачунаго хӏажалъулеб гьеб гӏелму тӏоцебе загьирлъана Некӏсияб Египеталда. Гьанже гӏадин ракьул битӏи-гьетӏи борцунел, алатал рукӏинчӏониги, чӏахӏиял гвандахъе тӏураб лъел хӏисаб гьабун, рухьарал кварал рекъезарун, нилъеда лъаларел алатал хӏалтӏизарун, гьабулеб букӏун буго доб мехалда жакъа нилъеца геодезиялъулабин абулеб хӏалтӏи.\nГеодезистал гӏахьаллъула нухазул проектал рахъиялъулъ, гьез рекъезабула нухлул битӏи- гьетӏи. Нух гьабиялдаса гӏемерго захӏматаб буго тоннель бахъи. Гьеб балаго, кинабго рахъалдаса данде бачунеб хӏалтӏи рекъезабизе ккола геодезистаз. Гьитӏинаб кьо бай захӏматаб суал гуро, гӏемерал масъалаби тӏуразе ккола кӏудиял кьоял ралаго. Цӏикӏкӏараб, бутӏа лъола геодезистас ракьуда гъоркьан унел тоннелал, коллекторал ралелъуб, махх-чараналдаса гӏуцӏун ралел кӏудиял объектазулъ. Руго хӏалтӏаби миллиметралъул нусил бутӏаялъул мухӏканлъи къваригӏунелгицин.\n— Гӏемертӏалаяб мина балаго кинаб бухьен букӏунеб геодезистазулгун?\n— Махӏачхъалаялда чанго буго (профессионалазда гьел лъала балагьарабго) гьетӏун, кьурун бараб гӏемертӏалаяб мина. Гьелъие аслияб гӏиллаги ккола геодезистазул хӏалтӏул хаслъи бичӏчӏунгутӏи. Минаби ралел чагӏазда гьеб бичӏчӏула риччарал гъалатӏал дандчӏван хадуб. Кинабго хӏисабалде босун балеб минаялда геодезистазул хӏалтӏи, гьезул гӏахьаллъи букӏуна кьучӏдаса байбихьун ахирисеб тӏалаялде щвезегӏан. Тӏоцебесеб иргаялда, нижеца гьабизе ккола ракьалъул топосъемка, лъазабизе ккола гьелъул гӏуцӏи, бахъизе ккола план, хадуб гьабула проекталъулаб заказ. Геодезиялъул бичӏчӏи бугев застройщикасда кодоб кидаго букӏуна минаялъул план- проект бугеб чертеж. Нагагь минаялде рачарал лъел, канализациялъул, токалъул ва газалъул рахъалъ къварилъи ккани, гьел жиндир заманалда ва бигьаяб къагӏидаялда къачӏаялъе мухӏканго лъазе ккола кисан ва кинаб къагӏидаялда ракьулъан унел ругел гьелали.\n— Росулъ мина базе бокьарав чияс геодезистасулгун бухьен кквезе кколищ?\n— Рес бугев чиясе бокьула жиндирго мина щулияб, берцинаб, лъикӏаб, киналго тӏалабал цӏунараб проекталда рекъон бараб букӏине. Гьедин гьабизе бокьараз ракьалъул топосъемка гьабизе ва проект битӏун гьабураб бугищали хал-шал гьабизе ахӏула нижер хъулухъалъул хӏалтӏухъаби.\n— Хас гьабун нужер ОООялъ кинаб хӏалтӏи тӏубалеб?\n— Тӏоцебе нижер къасд букӏана геодезиялъул, геологиялъул, гидрометеорологиялъул, экологиялъул халгьабияздаса байбихьун, проект бахъиялъул, минаби раялъул киналго хӏалтӏаби гьаризе. Цо-цо гӏиллабазда бан гьеб иш данде ккечӏо. Гьединлъидал нижеца гьабула цохӏо изысканиязул (геодезиялъул, геологиялъул, гидрометеорологиялъул, экологиялъул) хӏалтӏи. Жеги баянго абунани: тӏоцебесеб, щибниги базе бугеб бакӏалъул участкаялъул топосъемка гьаби; кӏиабилеб, ракь борлъун, гьелъул гӏуцӏи лъазаби (геология), гъатазул халгьаби (гьезул хӏасилазда рекъон лъола кьучӏ); лъабабилеб, лъазабула хӏисабалде босараб авалалъул гьава-бакъ, гьениб букӏунеб хинлъи-цӏороялъул низам, ракь цӏорозе рес бугеб гъварилъи, пулеб гьуриялъул къуват (гидрометеорология), гьел баяназул кьучӏалда чӏезарула къадазул бицалъи, хӏалтӏизарулел материалазул даража, минаялъул гӏуцӏи; ункъабилеб, ахираб заманалда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго экологиялде. Нижецаги хал гьабула объект базе бугеб бакӏалда тӏабигӏаталъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Хадуб, балеб бакӏалда геодезистас гьабула проекталда рекъон гьеб баялъе геодезиялъулаб халгьаби.\n— Нужер гӏахьаллъигун рарал минаби гӏемер ругищ республикаялда?\n— 25 соналъ дун хӏалтӏулев вукӏана техникияб ва нухал раялъул институтазда доцентлъун. Гьениса, дицаго дарс кьурал, цӏияб жо лъазе бокьарал студентал-выпускникал тӏаса рищана ва, гьезда малъун, тӏамун бажарана лъикӏаб къокъа данде гьабизе, заманалда рекъараб къагӏидаялда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Гьелдаса хадур цӏикӏкӏана нижехъе рачӏунел заказалги. Ниж гӏахьаллъараб чӏахӏиял объектазул цояб ккола цӏияб цӏорол завод (Тюбе поселок), байбихьудаса лъугӏизегӏан кинабго хӏалтӏи гьабуна гьениб нижеца. Гьелдаго цадахъ букӏана керамикалъул плитка биччалеб «Мараби» завод, цемент ва гипс гьабулеб «Даггипс» ООО (Буйнакск), Хунзахъ Макьасда курорт базе хӏадурлъи. Гӏахьаллъана «Север- Юг» оптиковолоконалъулаб бухьеналъул проекталда (Северияб Дагъистаналдаса югалъулаб гӏорхъоде щвезегӏан). Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна «Дагъавтодор» гӏуцӏиялъ рахъулел нухазда, ралел кьоязда. Чачаналда нухал, кьоял, минаби ралел объектазда. Цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабуна аэропорталда, Юждагъалда бугеб «Виадук» дармил комплексалда, гьенирго цӏияб тайпаялъул ахал чӏолел бакӏазда, ралел бакӏазул рахъалъ. Сулейман Керимовас Дагъистаналда гьарулел ишазулъ. Махӏачхъалаялда Ленинил цӏаралда бугеб майдан, университеталъул майдан, шагьаралъул гӏемерал къватӏал къачӏаялъулъ, цӏи гьариялъулъ, минаби ва объектал раялъулъ. Гьединал объектазул сияхӏ Дагъистаналдаги къватӏибги чанго нус-нус батила.\n— Нуж щун руго Ираналдеги…\n— Махӏачхъалаялда байбихьана нарт къачӏалел гӏисинал заводазул (мини-завод) проектал гьаризе, гьезие хӏажатаб къайи-цӏа къватӏибе биччазе, байбихьудаса лъугӏизегӏан гьел хӏалтӏизе риччазе. Гьезул тӏалаб буго Россиялъул гӏемерал регионазда, хӏатта къватӏисел пачалихъазда. Ираналдасаги бачӏун букӏана гьединаб заказ. Завод лъезе бакӏ хӏадуризе, геодезиялда хурхараб кинабго хӏалтӏи гьабизе нижги ахӏун рукӏана гьенире."}
{"slug": "10576-l-ikiazdasa-l-ikial-tiasa-rishchana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10576-l-ikiazdasa-l-ikial-tiasa-rishchana", "title": "Лъикӏаздаса лъикӏал тӏаса рищана", "date": "2021-01-25 12:36:49", "categories": ["obrazovanie"], "text": "8-19 январалда Хьаргаби районалда тӏобитӏана «Лъагӏалил учитель – 2021» абураб къецалъул зоналияб бутӏа. Гьелда гӏахьаллъана мугӏрузул магӏарул районаздаса 11 учитель.\nХьаргаби росдал Маданияталъул кӏалгӏаялда тӏобитӏараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъарав Хьаргаби районалъул бетӏер Мухӏамадгӏали Тӏагьировас гьадин абуна:\n— Метерисеб къоялъул хӏакъалъулъ пикру гьабулаго, нижер хьул букӏуна камилаб лъайги лъикӏаб тарбияги щвараб гӏелалде. Гьединаб гӏел куцан бажарула учительзабазухъа», — ян.\nКъецалъул жюриялъул председатель, ДИРОялъул гӏелмиябгун методикияб рахъалъ проректор Миясат Муслимовалъ бицана:\n— Исана «Лъагӏалил учитель» конкурс байбихьулеб буго Мугӏрузулаб территориалияб округалдасан. Цересел соназул хӏалбихьиялъ бихьизабулеб буго: мугӏрузул росабазул школазда хӏалтӏулел руго махщелги лъайги бугел учительзаби. Гъоркьиса тӏобитӏараб къеца-лъул Тӏолгороссиялъул бутӏаялъул хӏасилал гьаричӏого хутӏана пандемия сабаблъун. Гьеб тӏобитӏизе буго кватӏичӏого, Волгоградалда. Гьение ине кколаан Махӏачхъалаялъул школалдаса учительница. Гьал къоязда хабар бачӏана, гьей ковидалъ унтун йигилан ва Волгоградалде витӏизе ккола гъоркьиса республикаялда кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъарав учитель, — ян.\n«Методикияб семинар» абураб конкурсалъулаб бутӏаялда учительзабаз бицана хӏажатал технологиязулги, дарсида гьел хӏалтӏизариялъулги, кколел хӏаси-лазулги хӏакъалъулъ. Масала, Лъаратӏа районалъул Шидиб росдал школалъул историялъул учитель Гӏабдухаликъ Искантиевас бицана жинцаго кьолеб дарсиде рокьи куцаялъул мурадалда, учителас гӏемер хӏалтӏизабизе кколин цӏалдохъанасул ракӏ батизабулеб рагӏийилан. Цӏунтӏа районалъул Мокъокъ росдал школалдаса Гӏали Мусаевасул пикруялда рекъон, цӏалдохъанасулъ куцазе ккола «дир гӏумруялъул бетӏергьан дун вуго» абураб пикру.\nХунзахъ районалъул Харахьиса Гӏумар Гъазимухӏамадовас биологиялъул дарсазда хӏалтӏизабулеб буго компьютеразул хӏаязде лъималазул рокьи. «Хӏаял жалго теян абун ахӏи баялъул хӏасил букӏунаро – лъимал ругьун гьаризе ккола дарсие пайдаялъе хӏай хӏалтӏизабизе. Гьелъие къваригӏунел гӏемерал программабиги руго», — янги бицун, гьес бихьизабуна рехсараб методика дарсида хӏалтӏизабиялъул видео-фрагмент.\nЦӏумада районалъул Тӏисси-Ахикь росулъа Завжанат Гӏабдулаевалъ хӏалтӏизабула сахлъи цӏуниялъул технология. Гьеб ишалъулъ гьелъие хӏалае рахъуна цӏалдохъабазул улбулги росдал ФАПалъул педиатрги. Сахлъи цӏуниялъул мурадалда гьелъ кӏвар кьола классалда аваданаб ахӏвал-хӏал чӏезабиялдеги.\nГӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа Мусахъай Мусахъаевас тӏаса бищун буго цогидазда релълъинчӏеб ва къанагӏатаб тема – «Цӏалдохъабазулъ жигарчилъи куцаялъул мурадалда учителасул артистизм хӏалтӏизаби». Гьесул кӏалъаялъ лъикӏаб асар гьабуна семинаралъул гӏахьалчагӏазеги.\nАхиралда жюриялъ хӏасил гьабидал, тӏоцебесеб бакӏ щвана Елена Мухӏамадовалъе (Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росу), кӏиабилеб бакӏ ккуна Рамазан Гъазимухӏамадовас (Гъуниб районалъул Гъоркьа Кӏогьориб росу), лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Патӏимат Гӏабдулгӏазизова (Унсоколо росдал №2 школа), Раисат Гӏабдулаева (Чӏарада районалъул Цӏуриб росу) ва Мусахъай Мусахъаев (Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росу)."}
{"slug": "10577-magiarul-kochiol-kurkbal-khiulize-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10577-magiarul-kochiol-kurkbal-khiulize-gechio", "title": "Магӏарул кочӏол куркьбал хӏулизе гьечӏо", "date": "2021-01-25 12:45:34", "categories": ["insan"], "text": "2020 соналда Халкъазда гьоркьосел адабияталъул центразул ва ассоциациязул жюриялъ жидер творчествоялъул цӏех-рех гьабурал хъвадарухъабазегун шагӏирзабазе шапакъатал кьуна 2021 соналъул байбихьуда.\nХалкъазда гьоркьосеб адабияталъул премиялъул лауреатазда гьоркьой йиго ДРялъул халкъияй шагӏир Баху-Меседу Расуловаги.\nБаху-Меседу Расулова ккола А. С. Грибоедовасул цӏаралда бугеб Тӏолгороссиялъул литературияб премиялъул лауреатлъунги. Гьей мустахӏикълъана «Россиялъул литератураялъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло» медалалъе, Волоколамск шагьаралда тӏобитӏулеб Тӏолгороссиялъул хъвадарухъабазул фестивалалъул «Тӏадегӏанаб шигӏрияб махщалие гӏоло» абураб дипломалъе, Азербайжан республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул Хӏурматалъулаб дипломалъе.\nХвел гьечӏел асарал\nЦо-цо кечӏ букӏуна дунялалъулго халкъазе гӏаммаб, гӏасрабазго хвел гьечӏеб. Гьединазул цояб ккола Баху-Меседул «Тӏупандай тӏелеб» абураб кечӏги. 2016 соналда рухӏияб темаялда хъварал кучӏдузда тӏасан Казаналда тӏобитӏараб къецалдеги гьебги цоги чанго кечӏги битӏун букӏана. Гьениб тӏоцебесеб бакӏ щвараб кечӏалъе халкъазда гьоркьосеб премияги кьуна.\n«Россиялъул меседил перо» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб къецалъул хӏасилалда рекъон, Северияб Кавказалъул ункъо шагӏирасул ва Расуловалъул\nгӏаммаб «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» («Созвездие родственных душ») абураб тӏехь мустахӏикъ-лъана В. Шекспирил литературияб премиялъе.\nБаху-Меседул творчествоялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна 70-абилел соназдаго машгьурал хъвадарухъабазгун шагӏирзабазги. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда тӏобитӏараб гӏолохъанал шагӏирзабазул данделъиялда гьелъ цӏаларал кучӏдул цӏакъ лъикӏ къабул гьарунги рукӏана.\n— Дида гьенив тӏоцеве вихьана Гӏумар-Хӏажи Шахтаманов. Цӏакъ ритӏухъав чи вукӏана гьев. Тӏабигӏаталде рокьигун магӏарул мацӏалда хъварал кучӏдул жинда гӏемер рагӏичӏинги абун, гьес кӏуди-яб къимат кьуна дир асаразе, — ян бицана халкъияй шагӏиралъ.\nГьелдаса хадуб «Детдомалдаса вас» абурабги тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ хъвараб цо чанго кечӏги «Гьудуллъи» альманахалдаги рахъана. Гьел цӏалидал, Расул Хӏамзатовас гӏолохъанай шагӏиралде хъвараб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:\nБаху Расулова,\nйихьун дида мун,\nДагьа-макъай гурей,\nжеги лъаларо.\nЖакъа дун\nвуссана сапаралдаса,\nСаламгун баркала буго дир дуе.\nГьабсагӏат цӏалана\n«Гьудуллъиялда»\nЦогидазда гьоркьор\nдур асаралги.\nЛъица гъоб абураб\nмагӏарул кочӏол\nКуркьбал хӏулун ругин,\nгьел мекъи руго.\nДие рохел буго. Цӏалана, лъана, –\nЦӏияй шагӏир\nгӏуна Дагъистаналда.\nРакӏалъ ватӏаналде ахӏула\nЖакъа къоялде щвезегӏан магӏа-рул, кӏаратӏисезул, гӏурус мацӏазда 50 тӏехь къватӏибе биччана Баху-Меседуца. Гьелъул асарал руссинаруна гӏурус, ингилис, гӏараб, азербайжан, украин ва цогидалги мацӏазде.\n2020 соналда щуго тӏехь къватӏибе биччана. «Кӏаралазул тарих ва жакъасеб къо» абураб тӏехьалде гъорлъе бачун буго 2014 соналдаго къватӏибе биччараб «Дир Гъалбацӏдибир. Кӏаралазул наибзаби ва гӏалимзаби» абураб гӏурус мацӏалда хъвараб тӏехьги, кӏаралазул тарихалъул хӏакъалъулъ жинцаго хъварал гӏемерал макъалабиги. «Свет души» абураб магӏарул ва кӏаралазул мацӏазда хъварал кучӏдузул кӏиго тӏехь биччана Махӏачхъалаялда, гьединго гьебго тӏехь гӏурус мацӏалда къватӏибе биччана Москваялдаги. Щуабилеб тӏехьги ккола кӏаралазул ва цогидалги хъвай-хъвагӏай гьечӏел Да-гъистаналъул мацӏазда хъвадарулел авторазул асарал данде ракӏарараб «Аманат» тӏехь.\n— Цее дун кӏаралазул мацӏалда хъвадарулароан. Гьелъие хӏажалъиги букӏинчӏо. Росулъ киналго кӏаралазул мацӏалда кӏалъалаан. Школалда дарсида гуреб гӏурус мацӏги бицунароан. Гьанжейин абуни школалдаги, рокъобги, къватӏибги лъималаз гӏурус мацӏ бицунеб буго. Лъималазул ахикьгицин лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъалел руго. Хӏинкъизе бачӏана тӏагӏинин нижер мацӏин абун. Гӏадамаз тӏагӏине биччан таниги, тӏахьаздагӏаги цӏунун хутӏилин гьебин абураб хьулгун, фольклориял асаралги ракӏарун, тӏехь бахъана. Жакъа къоялде щвезегӏан кӏаралазул мацӏалда чанго тӏехь къватӏибе биччана. Нилъеда тӏадаб борч буго аза-азар соназ умумуз пайда босулеб букӏараб рахьдал мацӏ цӏуни, — ян бицана Б.-М. Расуловалъ.\nКӏудияб адабгун ракӏалде щвезарула гьелъ гӏемерал соназ «Багӏараб байрахъ» хадуб «Хӏакъикъат» газеталда гьабураб хӏалтӏиги.\nДиниял умумузул наслуялъул яс\nБаху-Меседуца кучӏдул хъвазе байбихьана гьитӏинго. Микьабилеб классалда цӏалулеб мехалда районалъул «Заман» газеталда рахъа-рал кучӏдул рачӏиналъухъ балагьун чӏарай жиндирго къасдазде нуцӏа къараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъги бицана шагӏиралъ.\n— Дир эбел-эмен рукӏана цӏакъ диналда тӏад чӏарал, шаргӏалъул нухдаса кьуруларел гӏадамал. Тӏоцере газеталда рахъизе кьурал кучӏдул кидадай къватӏире рачӏинаян рекӏелъ хӏинкъигун йикӏана дун. Эмен хӏалтӏулев вукӏана почалда бухгалтерлъун. Рокъове вачӏиндал, дир кучӏдул рахъараб газета гьес столалде рехана ва гьаб иш дуе данде кколарин лъазабуна. Гьеб мехалда лъана дун вацгӏаласе абун йикӏинги. Гьеб букӏана хъвай-хъвагӏаялде ва цӏалуде машгъуллъараб мех. Дурго рокъоб квен-тӏех гьабизе ругьунлъейин, тӏокӏаб хъвадариялъул жинда рагӏугейин лъазабуна инсуца.\nШколалъул цӏалул хӏакъалъулъ цӏехолароан нижеда инсуца. Школалде иналде киназдаго как базе малъулаан. 10 сон бараб мехалда Къуръан цӏализеги малъана.\nАллагь тӏаса лъугьаги, гӏоло-хъанлъуда дихъа бажаричӏо умумуз малъараб къагӏидаялъ дин гьабизе. Цӏали, хӏалтӏи, лъимал рукӏунаан тӏоцебесеб иргаялда. Кӏудияй гӏунагӏан ракӏалде щвана ва хӏисаб гьабуна гьитӏинаб къоялдаса нахъе эбел-инсуца нижее кьолеб букӏараб исламияб тарбия.\n2003 соналда эбел-эмен дидаго аскӏоре гӏумру гьабизе рачана. Къойилго гьарулаан гьез вагӏза-насихӏатал. Эбелги цадахъ ячун Чӏикӏае, Сагӏид-афандиясухъе вирд босизеги ана дун. Гьеб мехалда хӏежалде инеги цӏакъ гъира ккана. Эбелалъ абуна хӏежалде иналде какалги кӏалалги рецӏизе, гӏадамалги тӏаса лъугьинаризе, ретӏа-къайги исламалда рекъараб букӏине кколин. Ясги рукъалде юссун йигин, гӏицӏго дунялалъе пайдаяб гуребги, ахираталда батулеб пишаги цӏикӏкӏинабеян малъулаан эбелалъ. Кӏиго соналдаса хӏежалдеги ана. Гьеб мехалда тӏубанго хисанин абизе бегьула дунялалдехун бербалагьи.\nХӏежалде щвараб мехалдаги чӏезе кӏвечӏо диего Тӏадегӏанас кьураб пагьмуялда рекъон хъвадаричӏого. Гьениб дир рекӏее гьабураб асаралъ къаси гостиницаялде щвараб мехалдагицин кьижизе бокьуларого йикӏунаан дун. Гостиницаялдаги цадахъ цо рокъоб Кӏаратӏаса анкьго чӏужугӏадан йикӏана. Кьижун гӏадамалги тун чирахъ бакизе рес букӏунароан. Гордукьги кӏусун моцӏрол канлъухъе хъвалаан, гьеб хирияб ракьалда гьабураб асаралъ рекӏелъ рижизарулал кочӏол мухъал.\nХӏежалдаса юссиндал газеталдаги рахъана гьел кучӏдул. Динияб темаялда хъварал кучӏдузул «Иманалъул улка» абураб тӏехьги биччана къватӏибе.\nДун йикӏунаан политикаялъул хӏакъалъулъ бицуней, хӏакимзабазул ритӏухълъи гьечӏин гӏарзахъдулей. Гӏемерал сонал руго хӏалтӏиги тун, дирго хъвадариялде юссаралдаса. Дица гьанже кинабго Аллагьас гьабилин тола. Аллагьасе бокьун гурони тӏабигӏаталда тӏамахцин шуруларелъул. Гьедин чӏани нилъерго нервабиги сахлъиги цӏунун хутӏула. Къиямасеб къо тӏаде щведал, Гӏарасат майданалда инсанасда бищунго цӏикӏкӏун кӏал гьикъизе бугин абула кӏал, гӏин, мацӏ сабаблъун. Аллагьас бижун буго дунял, бижун буго халкъ. Гьев вуго Къадир. Гьес кьела къимат. Дун гуро гьелъул гӏадлу гьабизе тарай гӏадан. Гьедин чӏезе бокьилаан киналго гӏадамалги. Бокьилаан гӏадамаз цоцазда нахъаса мацӏал гьаричӏого, гъибат гьабичӏого тезе. Цоцазул гӏунгутӏаби цӏехечӏого, мекъабщинаб бихьичӏого, бихьаниги рагӏичӏого, бицинчӏого чӏезе. Гьеб мехалда букӏинаан парахатаб гӏумруги."}
{"slug": "10578-nakh-egi-giunana-giumru-giodana-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10578-nakh-egi-giunana-giumru-giodana-k-ismat", "title": "Нахъеги гӏунана гӏумру, гӏодана къисмат", "date": "2021-01-25 13:00:21", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Дица цо лъалев хирургасда гьикъана тохтурзаби кин сах гьарулелилан. Гьес дие жаваб кьуна:\n— Тохтурзаби сахлъизаруларо. Гьел, гъутӏбиго гӏадин, рахъун чӏовухъе хола, — ян.\nГьел рагӏаби цӏалидал, цӏунцӏрахана черх. Гӏумруялъ жиндирго тӏохьол тӏанчал цо лахӏзаталъ нахъехун регана.\nЦӏидасанги рагӏулеб буго гӏумруялъул гӏодиги гӏунараб къисматалъул угьдиги. Магӏил цӏурал дир беразда цебе паркъолел руго Махӏачхъалаялъул №22 лъицеялъул рагьараб «Баркала, тохтур» абураб музеялда «Ракӏалдещвеялъул хъорщода» жидер суратал чӏван ругел цогидазул гӏумру хвасарлъиялъе жидерго гӏумру кьурал тохтурзабиги волонтералги…\nКъваридаб магӏуялъ хьухьазарурал бералги къапезарулаго, дица цӏалулел руго гьезул цӏарал:\nНурудин Мухӏамадов, Мухӏамад Хӏасанхӏусенов, Аминат Мажидова, Патӏимат Асхӏабова, Гӏали Ибрагьимов, Ирина Пиримова, Юрий Астахов, Ахӏмадхан Мухӏамадов, Светлана Анурьева (волонтер)…\nДиде аскӏое ячӏана школалъул биологиялъул учитель Жамилат Нурудинова. Дир магӏуги гӏахьал гьабун, гьелъ бицана гьитӏинабго музеялъул гьитӏинабго тарихалъул хӏакъалъулъ:\n— Нижер лицеялда кӏвар кьола медицинаялде. Гьелъие гӏиллалъунги ккола медицинагун биология гъваридго лъазабиялъул идара гьаб букӏин. Шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник В. Дибияевасулги лицеялъул директор Анатова Саламатилги хӏаракатчилъиялдалъун хӏукму ккана музей рагьизе. Аслиял кумекчагӏилъун рукӏана лицеялъул цӏалдохъаби.\nМузеялда буго чанго бокӏон.\nГьале «Красная зона». Музей рагьулеб къоялъ, лицеялъул цӏалдохъабаз бихьизабуна гьитӏинабго сценарий – кинаб кумек гьабулеб букӏараб тохтурзабаз захӏматго унтаразе.\nГьале цӏалдохъабаз тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъварал докладал, рефератал. Гьенирго – вихьуларев тушманасде данде къеркьолаго, хъахӏал къункърабазде сверарал жакъасеб гӏумруялъул багьадурзабилъун даим хутӏизе ругел тохтурзабазухъе хъварал кагътал. Лъимал гьезда кӏалъалел рукӏана, чӏагоязда гӏадин.\nЦо-цо кагътил къункъраги, къункъраялъул гозоялъ хъахӏилзобалазде босун унеб кагъатги. Щибаб кагътил жиндирго магӏна, амма гӏаммаб ахӏи:\n— Цӏуне гӏумруялъул берцинлъи,- абураб.\nГьале лъабабилеб бокӏонги. Тохтурзабаз хӏалтӏизарулел рукӏарал цо-цо алатал…\nРакӏалдещвеялъул хъорщодасан нилъее гьимулел ругин кколеб букӏана гӏицӏго Дагъистаналдаса гурел, киназего гӏаммаб Россиялдаса цогидазе гӏоло гӏумру бичарал тохтурзаби.\n— Нижер ракӏбухӏичӏо тӏаса бищараб нухалдаса. Гьелъул гӏаксалда, чӏухӏула ниж цогидазул гӏумру хвасар гьабизе щвеялдаса. Нижер гьари буго чӏаго ругезде:\n— Цӏуне гӏумруялъул берцинлъиги къисматалъул беричлъиги. Нижги регӏун рукӏинчӏо, чӏаго ругеб мехалда, гьелъул берцинлъиялдаса лазат босизе. Ниж ритӏухъаллъун хутӏана хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьаялъе. Бацӏцӏадго хутӏараб гьелъул рагӏдукь талихӏалъул гьогьоми чӏвалеб буго нижеда.\nГӏадамал, рокьула ниж нужее…\nНахъеги гӏунана гӏумру, гӏодана къисмат…"}
{"slug": "10579-salaspils-bidul-bank", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10579-salaspils-bidul-bank", "title": "Саласпилс – бидул банк", "date": "2021-01-25 13:07:13", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Фашистазул концлагеразда гьоркьоб Саласпилс букӏана бищунго гӏасияб. Гьеб хӏалтӏана лъабгогӏан лъагӏелалъ ва гьениб чӏвана аза- азар лъимер. Гьеб букӏана хвалил лагерь гуребги бидул банклъунги. Зулмуялъ тату хун, ракъун-къечон холел, жеги щуго сонцин бачӏел лъимал фашистаз рикӏкӏунаан бидул цӏурал чӏагоял контейнераллъун ва медицинаялъул экспериментазе щвараб материаллъун.\nЛагерь бан букӏана жугьутӏазе\n1941 соналъул октябралда Латвиялда базе байбихьана лагерь. Гьеб балеб букӏана Саласпилс абураб поселокалда гӏагарлъухъ – фашистаз гьелда Кайзервальдин абун цӏар лъунги букӏана.\n«А» эйнзатцгруппаялъул (тӏомол кьералъухъ балагьун ва рейхалъул политикиял тушбабигун къеркьолеб СДялъул хасаб къокъа) нухмалъулев Шталекерица жиндир нухмалъулезухъе хъван буго: «1941 соналъул тӏоцебесеб декабралдаса нахъе рейхалдаса бачӏунеб буго жугьутӏал рачунеб транспорт. Гьезда гьоркьоса 20 азарго чи витӏана Ригаялде. Лагерь балезда гьоркьор киналго руго жугьутӏал ва гьаб лагералда ихдал ракӏаризе бегьула исана хасало хвечӏого рорчӏарал киналго жугьутӏал», — ан.\nХадубккун ССалъул генерал Йекельница судалъе кьурал баяназда рекъон, щибаб анкьалда концлагералде бачӏунаан жугьутӏазул цӏураб кӏиго-лъабго эшелон. Щибалда вукӏунаан азаргониги чи. «Нижеца чӏвана гӏага-шагарго 87 азаргогӏанасев жугьутӏав, цогидал улкабаздаса Саласпилс лагералде вачӏарав», — ан мухӏкан гьабуна гьес.\n1942 соналъул риидалалде Саласпилсалъул лагералде щвезаризе байбихьана латышазул антифашисталги асирлъуде ккарал советиял солдаталги, – цыганалги.\nБахъулаан ахирисеб бидул къатӏрацин\nОфициалияб Латвия мукӏурлъулеб гьечӏо Саласпилсалда гӏемерал лъимал чӏванин абураб хӏужаялъе, амма гьеб тасдикъ гьабула гьединал ишазул нугӏзаллъун рукӏарал гӏадамазул ракӏалдещвеязги киназдаго лъалел ишазги. Аслияб къагӏидаялда гьенире рачунаан Белоруссиялдасаги Россиялъул Псков, Калинин ва Ленинград областаздасаги лъимал.\nОфициалиял документазда Саласпилсалда абулаан «Захӏматалъул рахъалъ тарбия кьеялъул лагерилан» абун. Амма хӏакъикъаталда гьеб букӏана бидул банклъунги инсанасул ракӏ гъанцӏизарулел медицинаялъул хӏалбихьиял гьарулеб бакӏлъунги. Гьенир рукӏана кӏиго, лъабго сон баралги, жеги эбелалъул керен хахулелги лъимал. Цӏаралъул бакӏалда щивасул букӏана маххул жетоналда тӏад бикӏараб номер. Лъабго соналъ хӏалтӏана лагерь ва гьеб заманалда жаниб гьениб бахъана лъималазул бидул 3500 литр. Гьеб битӏулаан госпиталазде — гьенир ругел ССалъул офицерзабазул сахлъи камил гьабиялъул мурадалда.\nГӏисинал асирзабазе бищунго захӏматаб лахӏзатлъун букӏана хъахӏаб халгӏат ретӏарав немец баракалъуве вачӏин ва столалда тӏад медицинаялъул алатал гьес тӏиритӏи. Вахӏшиял тохтурзабаз лъималазе буюрухъ кьолаан регаян ва квер гӏебеде битӏеян абун. Гӏемерисез сихӏтун малъараб гьабулаан. Инкар гьабурал столалда рухьунаан ва зулму гьабун бахъулаан гьезул би. Рухӏ тӏагӏун, хвалде рехарал лъимал рачунаан баракалъуса къватӏире ва лагералъул коронир рухӏулаан яги аскӏоб бугеб лъел каналалъуре рехун толаан.\nГьелде тӏадеги, Саласпилсалда рукӏарал лъималазда хӏалбихьулаан батӏи-батӏиял загьруязул — лъималазе кьолеб кванилъе балаан мышьяк яги гьарулаан, гьебги гъорлъе жубан уколал, ялъуни загьруял газазул цӏезарурал камерабазде ритӏулаан.\n7000 лъимер чӏвана\nСтатистикиял баяназда рекъон, Саласпилсалда букӏана 12 азарго советияб лъимер ва гьезул бащдалдаса цӏикӏкӏун хвана, донорал хӏисабалда хӏалтӏизарун хадуб. Амма фашистаз хӏаракат бахъана жидерго чӏвадарухъанлъиялъе нугӏлъи гьабулел хӏужаби рахчизе.\nМасала, судалда жавабал кьолаго фашистаз кьурал баяназда рекъон, гестапоялъул хӏалтӏухъан Блобелил нухмалъиялда гъоркь тӏагӏинаруна гӏемерал асирал рукъун рукӏиналъул лъалкӏал, гьезда гьоркьор — Саласпилсалъул туснахъазулги. Лъалкӏал хутӏунгутӏиялъул мурадалда фашистаз рухъулаан гӏемерал жаназаби цадахъго рукъарал хобал ва рухӏулаан гьезул хутӏелал. Хобал рухъизе тӏамулаан жугьутӏал ва гьелги, хӏалтӏи гьабун бахъараб мехалда, чӏвалаан ва цӏадаре рехулаан.\n1944 соналъул хасалихъе, советияб аскаралъул гьужумалъукьа лъутулаго, фашистаз, лъалкӏал рахчиялъул мурадалда, чӏвадназде буссинабуна Саласпилс концлагерь, гьелъул хӏалтӏухъабиги (немцалги латышазул полициялъулалги) хехго ритӏана батӏиял бакӏазде.\n1945 соналъул 28 апрелалда Саласпилсалъул ракьалъул халги гьабун, гьениб батараб 54 хобалъуб батана 632 жаназа. Судалъулаб медицинаялъул экспертазул хал гьабиялда рекъон, гьезда гьоркьоб букӏана 114 хахулеб лъимер, 106 — 1-3 лъагӏел бараб, 91 лъимер — 3-5 сон бараб, 117 — 3-8 сон бараб…\nСаласпилсалда чӏварал гӏисинал туснахъазул хӏурматалда рагъдаса хадусел соназда гьениб бана мемориал."}
{"slug": "10609-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10609-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "title": "Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?", "date": "2021-01-27 10:24:33", "categories": ["med"], "text": "Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечӏо\n18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 25 январалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана ракӏалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.\nАслияб куцалда гьеб гьабизе буго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазе. Амма цо-цоязул тӏубан божилъиги гӏолеб гьечӏо гьеб вакцинаялда.\nКиназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цӏех-рех гьабуна батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамазда гьоркьоб.\nМухӏамад Мухӏамадов, Цӏунтӏа райадминстрациялъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев:\n— Нижер гьаниб бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицани, вакцина гьабурал чагӏи руго, гьабизе бокьаралги руго. Амма гӏемерисел разилъулел гьечӏо. Дир пикруялда, гьеб иш гьабизе бегьила хӏал гьабичӏого, дагь-дагьккун, гьелъул бугеб кӏварги гӏадамазда бичӏчӏизабулаго.\nТӏоцебе гьеб гьабураб чагӏаз бицунеб букӏана хӏасил жал рохараб ккечӏин. Гьелъги батила, гӏадамазул тӏубараб куцалда божилъи гӏолеб гьечӏеб. Кин букӏаниги, нилъго нилъецаго цӏунизе ккела.\nГьеб вакцинаялъулъ унтуда данде чӏезе кӏолеб къуват загьирлъани, щай бегьулареб гьеб гьабизе?"}
{"slug": "10610-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10610-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "title": "Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?", "date": "2021-01-27 10:47:34", "categories": ["med"], "text": "Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечӏо\n18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 25 январалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана ракӏалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.\nАслияб куцалда гьеб гьабизе буго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазе. Амма цо-цоязул тӏубан божилъиги гӏолеб гьечӏо гьеб вакцинаялда.\nКиназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цӏех-рех гьабуна батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамазда гьоркьоб.\nМурад Ахӏмадов, «Гьудулъи» ва «Лачен» журналазул бетӏерав редактор:\n— Гӏакълуялда данде кколареб гӏадаб жо кколеб буго гӏадамал вакцина гьабиялдаса хӏинкъулел рихьидал. Сахал, базалиял гӏолохъаби вакцина гьабизе нахъе къалел руго, амма хвалил хӏинкъи гъорлъ бугеб вирусалъ унтизе хӏинкъулел гьечӏо. Маскаби ххезе инкар гьабулеб буго, цӏуна-къай гьабулеб гьечӏо. Дунгоги унтун вукӏана гьеб вирусалъ, гьабсагӏталдаги тӏуванго сахлъун вугин абиларо.\nВакцинация гьаби-гьабунгутӏи щивав чиясул иш буго. Дица абила цин лъикӏ ургъизе ккелин абун. Щайин абуни, гьеб бигьаго тӏаса унеб тайпаялъул унти гьечӏо, цӏакъ рекӏкӏаб жо буго. Гьадинаб мехалда нилъерго гӏага-божаразулги пикру гьабизе ккела. Щайгурелъул цӏакъ хехго бахунеб бугелъулха гьеб унти.\nБищун захӏматаб жо буго мунго сабаблъун цогидазе зарал ккелин абураб пикруялъ ханлъи гьаби. Цо чи сабаблъун чанго чи хвезе бегьулин абураб пикруялъ чӏвалел рукӏана нилъ. Гьединлъидал цоги нухалда ургъизе ккела. Дица вакцина гьабуни, гьелъ рес кьезехъин буго чанги чиясул гӏумру хвасар гьабизе.\nНижер хъизамго букӏана унтун. Эменги унтана, дунгоги унтана, кӏиго сон барай яс хутӏун киналго больницаялде ккана. Больницаялда 25 къо бана дица. Амма, ракӏчӏун абулеб буго, гӏураб къадаралда дир антителабиги ратичӏони, цоги нухалда унтизе ресги батани, дица, сундухъго балагьичӏого, гьабила вакцина."}
{"slug": "10611-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10611-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "title": "Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?", "date": "2021-01-27 10:53:05", "categories": ["med"], "text": "Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечӏо\n18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 25 январалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана ракӏалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.\nАслияб куцалда гьеб гьабизе буго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазе. Амма цо-цоязул тӏубан божилъиги гӏолеб гьечӏо гьеб вакцинаялда.\nКиназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цӏех-рех гьабуна батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамазда гьоркьоб.\nМухӏамадгӏарип Абакаров, Гъуниб районалъул Гьонода росулъа фельдшер:\n— Сахлъи цӏуниялъул вакил хӏисабалда гуребги, гӏадан хӏисабалдаги, дица абила вакцина гьабизе ккелин. Щайгурелъул гьеб буго вирусалъулаб инфекция. Бокьараб вирусалъулаб унти вакцина гьабун гурони къезабизе кӏоларо. Гьеб практика кидаго букӏана. Ракӏалде щвезабе, нилъ гьитӏинаб мехалдаги, краснуха, коклюш, бронхит ва цогидалги вирусалъулал унтабазде данде кидаго гьабулаан вакцина.\nГьеб унти буго цӏакъ рекӏкӏаб, заралияб, кутакалда хӏинкъи бугеб. Гьелъ сахлъиялъе заралги гьабула.\nГьединлъидал гӏадамазе бищун лъикӏаб нух буго вакцинация гьаби. Гьайгьай, пачалихъалъеги буго гьелдаса пайда. Вакцина гьабун бугони, гьалгощинал унтарал рукӏинаро, дарабазда тӏад хвезабулеб гӏарац нахъе тӏокӏлъила.\n— Кин бугониги гӏадамазул божилъи гӏолеб гьечӏоха…\n— Бокьараб вакцинаялъул букӏине бегьула гъая. Гьеб кидаго букӏараб жоги буго. Амма вакцинаги кӏанцӏун рахъун гьабулеб гьечӏелъул. Дур температураги бидул кьабиги борцуна, пульсалъул хал гьабула. Мухӏканаб анализ гьабун гурони, вакцина гьабуларо. Гьелдеги кӏвар кьезе ккела."}
{"slug": "10612-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10612-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "title": "Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?", "date": "2021-01-27 11:09:24", "categories": ["med"], "text": "Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечӏо\n18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 25 январалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана ракӏалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.\nАслияб куцалда гьеб гьабизе буго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазе. Амма цо-цоязул тӏубан божилъиги гӏолеб гьечӏо гьеб вакцинаялда.\nКиназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цӏех-рех гьабуна батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамазда гьоркьоб.\nИсмагӏил Гъазимухӏамадов, Цӏунтӏа райсобраниялъул депутат:\n— Дица цӏех-рех гьабураб суал гуро гьеб. Амма, кин батаниги, дица вакцинаялъул рахъ ккола, гьеб гьабизе киналгоги ахӏула. Хӏукуматалъ малъараб гьабуни, лъикӏаб буго нилъее. Жал гӏакъилзабиян гаргадулел чагӏи камуларо, гьабсагӏат камунги гьечӏо. Дун божулароха гьединаз рицунел харбазда."}
{"slug": "10613-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10613-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "title": "Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?", "date": "2021-01-27 11:13:52", "categories": ["med"], "text": "Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечӏо\n18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 25 январалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана ракӏалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.\nАслияб куцалда гьеб гьабизе буго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазе. Амма цо-цоязул тӏубан божилъиги гӏолеб гьечӏо гьеб вакцинаялда.\nКиназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цӏех-рех гьабуна батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамазда гьоркьоб.\nМария Ражабова, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерай бухгалтер:\n— Вакцинаялде данде чӏарай гӏадан дун гуро. Амма гьабсагӏат гьеб гьабизе хӏадурго гьечӏо. Щайин абуни, вакцинаялъ лъимер гьабизе хӏадурлъулел руччабазе зарал бугищ яги гьечӏищали жеги чӏезабун гьечӏелъул. Гьеб рахъ лъазе бокьила дие.\nБайбихьуда кӏудияб ригьалъул гӏадамазе гьабизе те. Мисалалъе, Россиялъул цо-цо шагьаразда ругел лъалел-хъвалез гьабун буго вакцина."}
{"slug": "10614-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10614-vaktsina-gabunishch-mungo-l-il-anishch", "title": "Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?", "date": "2021-01-27 11:21:36", "categories": ["med"], "text": "Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечӏо\n18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс.\nРеспубликаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 25 январалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана ракӏалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.\nАслияб куцалда гьеб гьабизе буго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазе. Амма цо-цоязул тӏубан божилъиги гӏолеб гьечӏо гьеб вакцинаялда.\nКиназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цӏех-рех гьабуна батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамазда гьоркьоб.\nМурад Багъилов, Гъуниб районалъул Къорода росдал школалъул тарихалъул учитель:\n— Районалъул лъай кьеялъул управлениялдаса бачӏараб кагъат букӏун батила доб, сон нижер киналго хӏалтӏухъабиги ракӏарун, директорасги борхана гьелъул хӏакъалъулъ суал. Киназго инкар гьабуна, дица хутӏизегӏан. Щайин абуни, нилъее квешаб жо улкаялъул нухмалъиялъ гьабуларо. Нилъеда бихьулеб буго хӏакимзабазги гьеб гьабулеб букӏин.\nМантуялде данде прививка гьабичӏев чи, араб гӏасруялъул 70-80-абилел соназул гӏелалда гьоркьов цониги вукӏинчӏо. Гьелъул лъалкӏги буго жакъа щивасул гъажазул бетӏералда гъоркь. Щиб лъалеб, доб мехалдаги букӏун батизе бегьула хехго тӏибитӏиялда хӏинкъи бугеб унти.\nПалхӏасил, дица вакцина гьабизе буго, цогидаз бокьараб гьабе."}
{"slug": "10652-khalk-azda-gorkob-l-urab-giadanl-iyal-ul-ko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10652-khalk-azda-gorkob-l-urab-giadanl-iyal-ul-ko", "title": "Халкъазда гьоркьоб лъураб гӏаданлъиялъул кьо", "date": "2021-02-01 07:32:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏаде балагьун нилъедаса щибниги батӏалъи, тӏокӏлъи, тӏадегӏанлъи жиндилъ гьечӏин кколев, кутакалда гӏадатияв гьав магӏаруласе гӏемераб жо сайгъат гьабун буго Аллагьас.\nСахаватаб ракӏги рикӏкӏен гӏемерал гьудулзабиги!\nГьаб лъабго къоялъул дунялги кӏочон, даимлъиялде гали тӏамизе гвангъараб анищги щулияб тавакалги!\nШангъодаса байбихьун, тӏолабго дунялалде гӏунтӏунги, гӏадамазе кӏвараб кумек гьабизе, ай ракьалда лъикӏлъиялъул, гӏаданлъиялъул, гӏадиллъиялъул хур бекьизе тӏасан, зобалаздасан рекӏелъе тӏураб тӏокӏкӏараб иманги!\nБищунго захӏматаб — хӏисаб гӏелмуялъул борхалъуде вахине ва улкаялдаго къадру цӏикӏкӏараб вузалда мугӏалимлъи гьабизе гӏураб гӏакълуги цӏодорлъиги!\nГьев ккола Гъуниб районалъул Шангъода росулъа Мухӏамад Мухӏамадов\n…Дагъистаналъул вундеркинд, космосалъулал формулабазулгун тарихазул хан, рорхатал цӏвабзазул цоялда жиндир цӏар лъурав академик Шамил Гӏалиевас гьев жиндир ученик вукӏанин, амма некӏого учителасдаса цеве анин, разиго мукӏурлъун, кӏудияб къимат кьеялъги бицуна Мухӏамад щиб гьунаралъул, гӏакълуялъул, гӏелмияб даражаялъул чи вугевали.\n…Коронавирусилан цӏар чӏвараб ва ракӏалдаго гьечӏого бачӏараб балагьалъул хӏасилалда, гӏемерал гӏадамал унтана ва хвана.\nГьеб захӏматаб заманалда Москваялдаса гӏагараб Дагъистаналде щварав васасдаги гӏумрудул 40 сон гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе сайгъат гьабурай эбелалдаги гьоркьоб ккана къокъаб, чӏванкъотӏараб накъит.\n— Мухӏамад, дир вас! Жакъа къоялда жаниб тохтурзабазе кумек гьабиялдаса кӏвар цӏикӏкӏараб суал гьечӏо, — ян абуна эбелалъ, угьун хӏухьелги биччан. – Дир гьари, дир тӏадкъай буго дуе гьеб рахъалъ дудаго кӏолеб, бажарулеб кумек гьабе -ян.\nЭбелалъул ахӏиялъ, гьариялъ куркьбал гъурав Мухӏамадица гьабураб Гьунар гӏицӏго Дагъистаналда, Россиялда гуребги, тӏолабго дунялалда рагӏана, бихьана, лъана.\nГӏадамазул гӏумру хвасар гьабизе гӏоло хвалил бадиве валагьун къеркьолаго, коронавирусалъ унтарав 650 медхӏалтӏухъанасул сахлъи тӏад буссинабиялъе тӏолалго шартӏал чӏезаруна «Къункъраби» комплексалъул генералияв директор Мухӏамад Хӏабибович Мухӏамадовас. Цониги чиясул яги хӏукуматалъул рахъалдаса капек гьечӏого, жинцаго.\n«Тохтурзабазе рецц» абураб ахӏиялда гъоркь дунялалдаго тӏоцебе тӏобитӏараб гьеб гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиралъе къимат кьуна рикӏкӏадаб Индиялдаги, Америкаялдаги, Гӏарабустаналдаги, Германиялдаги ва гӏемерал улкабаздаги.\nМухӏамад Хӏабибовичасул цӏаралда рачӏарал баркалаялъул кагътазулги, социалиял гьиназдасагун газетаздаса гӏадамаз профессорасде гьарурал хитӏабалги рехсезе гьаниб я бакӏ, я заман гӏоларо. Амма бицен гьабичӏого рес гьечӏо талат къоялъ «Къункъраби» комплексалда ккараб тарихияб лъугьа-бахъиналъул.\nГьениб рагьана лъабго батӏияб диналъул гӏадамазе – ягьудиязе, бусурбабазе ва насраниязе -«Цолъи» абураб рухӏияб центр.\nБичӏчӏуледухъ абуни, гьанжеялдаса нахъе рехсараб комплексалде хӏухьбахъизе ва сахлъи щула гьабизе рачӏунел рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазул рес букӏине буго синагогалда, мажгиталда ва килисаялда жиде-жидер дин гьабизе.\nЦентр рагьиялда хурхун гьениб тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб гӏелмияб конференцияги. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна: Москваялъул муфти, Россиялъул бусурбабазул Рухӏияб собраниялъул бетӏер Альбир хӏазрат Кргановас, Махӏачхъалаялъул ва Грозныялъул архиепископ Варлаамица, Дагъистаналъул ягьудиязул общинаялъул советалъул председатель Валерий Дибияевас, ДУМДалъул председатель Шамил Гӏалихановас, гӏалимзабаз, жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулез.\nТадбиралде вачӏун вукӏана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровги.\nГьеле гьеб гьитӏинабго ракьул бутӏаялда кьучӏ лъуна лъабго батӏияб диналъул гӏадамазул ракӏалги, пикрабиги, къасдалги цолъизарулеб Рухӏияб Централъе.\nРоччараб къо бугониги, щивав чиясул бадиб къалъун букӏана рохалил ва талихӏалъул бакъ, балагьаб унтудаса Бетӏергьанас халкъ хвасар гьабиялде божиги хьулги.\nМагӏарул гьитӏинаб росулъа цо чияс дунялалъулго халкъазул рекӏелъе лъуна гӏаданлъиялъул, вацлъиялъул ва цоцада божилъиялъул кьо.\nБиччанте гьеб букӏине чарангӏан щулияб ва абадияб.\nБетӏер къулун, баркала кьолеб буго дуе, Мухӏамад, унтаразги сахазги."}
{"slug": "10653-gialakh-kh-utanalda-shkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10653-gialakh-kh-utanalda-shkola", "title": "Гӏалахъ хъутаналда — школа", "date": "2021-02-01 08:06:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Бабаюрт районалъул ракьалда бугеб Болъихъ районалъул Гӏалахъ росдал хъутаналда гьал къоязда рагьана жакъасел тӏалабазда данде кколеб кӏудияб школа.\n1964 соналда гьениб рагьун букӏана байбихьул школа. 1977 соналда хӏарщул кирпичалъул бакӏги тӏаде бан, гьелъул лъугьинабуна микьгосонилаб школа.\nДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда хъвавухъе, тӏадеялдаса тӏаде гӏадамалги гӏемерлъун (800 чи), хъутаналъе кӏудияб школа хӏажалъун буго.\nГьедин 2014 соналда гьениб нусго лъимералъе бакӏ бугеб школа базе кьучӏ лъун букӏана. Гьелъул проекталъул гӏаммаб багьа ккола 86 млн гъурущ."}
{"slug": "10654-aparagl-iyalda-arab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10654-aparagl-iyalda-arab-giumru", "title": "Апараглъиялда араб гӏумру", "date": "2021-02-01 08:47:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чӏохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватӏан тун къватӏиве аралдаса исана нусго сон тӏубала.\nТахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цӏунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тӏалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.\nХудожникасул вацасул васал Гӏумаргун Мухӏамад сабаблъун республикаялъул Миллияб музеялда Халилбегил суратазул тӏоцебесеб выставка бихьизабуна 1999 соналда.\nГьел кӏиязухъего Халилбегил лъади, баронесса Мелани фон Нагель-Мусаевалъ гьебго соналъ кьун рачӏарал суратал кколаан гьел.\n1992 соналда СШАялда Меланихъ гьоболлъухъ рукӏарал Расул Хӏамзатовасгун гьесул лъади Патӏиматицаги рачӏун руго Халилбегил суратал.\nДоб мехалда изобразительныял искусствабазул музеялъул директорлъун йикӏарай Патӏиматица музеялда лъун букӏана 1970 соназда Америкаялдаса бачӏараб Халилбегил щуго суратги.\nХадурго Грузиялдасаги сайгъат гьарун рачӏун руго гьенире Германиялде иналдего Халилбегица рахъун рукӏарал цо—цо суратал.\nЖивго Мусаясул Халилбегил хӏакъалъулъ хъвараб, доба—гьаниб басмаялда бахъараб материал дагьаб буго.\nЭркенлъи хириял умумузул ракьалда тӏалъи хисидал, 1921 соналда цӏализе арав гьев тӏокӏалъ тӏадвуссине хъван букӏун гьечӏо къисматалъ. Гьесул гӏумру ана цин Германиялда, хадуб Америкаялда. Вукъунги Нью—Йоркалда вуго.\nТӏоцебе Халилбегилъ суратал рахъизе махщел загьирлъиялъе сабаблъун ккун вуго Щуланиса Исмагӏил. Гьев кколаан жиндилъ карамалъи бугилангицин абулев вукӏарав гӏалимчиги, ганчӏида накъищал рахъун, занал къачӏалев кутакалда лъикӏав устарги. Халилбегил инсул заниги гьес къачӏан буго.\n«Исмагӏилил мастерскаялде—нахъе гӏемер щолаанила Халилбег. Цинги гьесул кӏудиял вацал Мухӏамадидагун Къагьирида халлъун буго гьитӏинав вацасул гьунар. Гьедин тӏоцере гьез росун руго гьесие къалмалги релъеналги», —ян бицана газеталъе Хадижат Мусаевалъ.\nГьабсагӏаталда Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялда рагьараб Халилбегил выставка 30 июналде щвезегӏан халатбахъине буго.\nГьелда тӏасан гьадин бицана Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъул директорасул заместитель Джамиля Дагировалъ «Хӏакъикъат» газеталъе:\n-Гьабсагӏаталда Миллияб музеялда буго Халилбегица бахъараб 50 сурат. Хутӏарал – Германиялда, Америкаялда ва хасал гӏадамазухъ кодор руго.\nГьаб выставкаялда лъуна Мусаясул Халилбегил фондалъул бетӏергьанлъиялда бугеб 93 сурат. Къотӏи-къаялда рекъон, фондалъ гьел музеялде кьун руго халатккун заманалъ цӏунизелъун.\nСуратазухъ балагьун, кутакалда гӏемерал суалалги руго рижулел, цо-цо хӏужабиги руго загьирлъулел. Халилбегил биографиялъулъги цӏикӏкӏун руго лъаларел жал. Гьединлъидал доба-гьаниса кӏвараб материал бакӏарун, дандекколеб буго нижеца.\nХалилбегил цӏаралда сверухъ лъалебги лъаларебги бицунел чагӏиги дагь гьечӏо. Масала, Франц Руболгун гьесул гьудуллъи букӏанин абула цо-цояз. Букӏинчӏо. Халилбегил суратал Метрополитен-музеялда (Нью-Йорк) рихьизарунинги бицуна. Гьаричӏо. Гьеб гьедин букӏун батани, гьелъие хӏужа бихьизабизе ккола.\nДица Халилбегил творчествоялда тӏасан лекция цӏализехъин бугин сайталда лъураб лъазабиялда гъоркьги тӏубараб карщ гьабун батана. Масала, гьев фашистазул рахъалда вукӏанилан хъвалеб бугоан цояс. Гӏемер дандчӏвалеб пикру буго гьеб. Амма киб бугеб гьелъие далил?\n-Гитлерилгун гьудуллъи букӏун бугиланги рагӏана бицунеб. Мюнхеналда художествияб академиялде цӏализе лъугьунелъул лъан ругила гьел цоцада.\n-Гьедин хъвараб бакӏ киб бугеб? Цо хасал чагӏаз риччарал харбал ккола гьел. Гьеб мехалда Гитлер вукӏун ватула къисматалда рекӏекълъарав гӏолохъанчи.\nФашистазул рагъулаб ратӏлил эскизалги Халилбегица рахъулел рукӏун ругилан чӏола цо къокъа. Немцазул модельерал рукӏинчӏогодай? Гьединаб кӏвар бугел ишазда гъорлъе цогидал миллатазул чагӏи риччалел рукӏанадай гьез?\nГьединго доб заманалдаги дол шартӏаздаги гӏумру гьабе цин гьедин гӏайиб чӏвалелде цебе. Хӏакъикъаталда абуни, чи бахиллъилеб гӏадаб къисмат букӏинчӏо гьесул: советияб низамалдаса рикӏкӏалъарав гьев фашистазул низамалде ккана. Амма киве кканиги, магӏаруллъи биличӏо гьесулъа.\nРичизе сураталги рахъулел рукӏун руго Халилбегица. Гьедин заказазда рекъон рахъаралги цогидалги гӏезегӏан суратал рухӏун руго рагъул заманалда. Самолёталъ рехараб бомба гьесул минаялдаги щун, тӏатӏала ккун буго художникасул мастерская. Хвасар гьаризе кӏварал хӏалтӏаби Халилбегица Америкаялде росун руго.\n1970-абилел соназдаса байбихьун гьесул лъади Меланица хӏалбихьун буго Халилбегил гӏагарлъиялъулгун бухьен гьабизе (художник хвана 1949 соналда -ред.). Амма заман батӏияб букӏиндал, гьелъул хӏасил ккун гьечӏо. Нилъер улкаялда Халибегил цӏар бахъизеги бегьулеб букӏинчӏелъул.\nГӏицӏго 1990-абилел соназда бажарана Меланихъа нилъехъе гьел ритӏизе.\nГьелде рачӏинегӏанго нижер музеялдаги букӏана Халилбегил хӏалтӏабазул дагьабго къадар. Гьел рукӏун руго бакӏ-бакӏалда цӏунун хутӏарал, Къоркъмасовас ричун росарал гьесул суратал. Октябралъул революция ккун 10 сон тӏубаялде Москваялда тӏобитӏулеб «Искусство народов СССР» абураб выставкаялдаги лъун рукӏун руго гьезул цо-цоял.\n-«Красный суд в Дагестане» абураб суратги бихьана гьаниб къеда чӏван. Гьединаб магӏнаялъул суратал гьесул ратилин ккунго букӏинчӏо.\n-Буго. Амма копоего бахъараб гӏадаб сурат буго гьеб, гьелъулъ загьирлъулеб буго доб гӏуцӏиялдехун художникасул букӏараб бербалагьи – дагьабго тӏад велъи, цо-цо жал тенкезаризе лъугьин.\n1917-1918 соназда Мугӏрузул республика гӏуцӏараб заманалда Халилбегиеги батӏаго квеш букӏинчӏо гьаниб. Гьев хӏалтӏулев вукӏана «Танг-Чолпан» журналалда, Мавраевасул басмаханаялда, Лансереда цадахъ гьес дарсал кьолаан реалияб училищеялда, Мугӏрузул улкаялъе байрахъги ургъана гьес.\nДагьалъ чӏун Халилбегида бичӏчӏана гьанив жив хӏебтӏулареблъи, жиндие гьеб низам данде кколареблъи. Гьединлъидал махщел камил гьабизе, хадувккунги цӏализе кколин багьанаги батун, Халилбег гьаниса ана. Амма советияб власталъ цӏалухъ кьезе байбихьуда гӏарацгицин битӏулеб букӏана гьесие.\nРеспубликаялдаса къватӏиве ине Халилбегица хӏалбихьулеб букӏана 1919 соналдаги. Владикавказалдасан Тифлисалдеги ун, гьенисан Чӏегӏерралъдалъан Турциялде унаан доб мехалда. Шапи Казиевасул тӏехьалда хъвалеб буго гьедин.\n1921 соналда кӏиабизеги хӏалбихьула Халилбегица республика тун ине. Гьеб мехалда искусствоялъул рахъалъ гӏуцӏараб наркомпроссалъул отделалда хӏалтӏулев вукӏана Халилбег. Гьес къачӏалаан хӏурматиял, кӏвар бугел данделъаби тӏоритӏулел залал.\nГьедин пачалихъалъул заказ тӏубазе релъенал хӏажат ругиланги абун, Халилбегица Бакуялде нух босула. Гьениб паспортги гьабун, Турциялде уна. Гьенив (Самсуналда) гьев дандчӏвала кӏудияв вац Мухӏамадгун. Цинги гамидаги рекӏун Варнаялде, хадув поездалдаги рекӏун Мюнхеналде уна. Гьенир гӏемер пайдаял лъай-хъваял ккола гьесул. Амма гӏумру гьабизе захӏматаб букӏанин хъвалеб буго гьес жинцаго.\nХалилбегил 24 сон букӏана улка тун къватӏиве унеб мехалда. Эркенго хӏалтӏизе рес кьурабани, кутакалда цеветӏезе вукӏана гьев. Амма я жиндирго ватӏаналда советияб гӏуцӏиялъ, я доб заманалъул Германиялда гьединал ресал щвечӏо художникасе. Германиялда, масала, хӏатталдаса ун гӏемерал гӏорхъичӏваял гьарулаан доб мехалда художниказе.\n-Гьесул хӏалтӏабазухъ балагьун, махщел цӏубараб мех лъазе бажарулищ? Масала, кинаб ригьалда рахъарал суратал лъикӏал ругел?\n-Диего рокьула гьес гӏолохъанлъуда Дагъистаналда вукӏаго рахъарал хӏалтӏаби. Гьеб мехалда сунцаниги квекӏен гьабун гьечӏоан хӏалтӏизе – я идеологиялъ, яги ватӏаналъухъ чӏалгӏеналъ.\nВатӏаналъухъ рухӏ бецӏулеб букӏаниги, хадубккун Германиялда гӏумру рукӏалиде бачӏун буго художникасул. Хасго Меланигун дандчӏвайдал. Гьел кӏиялго рукӏун руго цоцазе къваригӏарал чагӏи.\n-Гьелъул сураталда гъоркь Сагӏадат абун хъван бихьана Халилбегица. Гьелъул магӏна щиб?\n-Дагъистаналда вугеб мехалда Сагӏадат абурай яс йокьулей йикӏарай къагӏида гьесие. Гьединго Темирхан-Шураялда Абуладзе абурав машгьурав фотографасул ясалъулгунги букӏанин гьесул рокьиян хъвалеб буго.\n-Интернеталда гӏемер дандчӏвала Зайнаб Дайитбеговагун цадахъ чӏун бахъараб Халилбегил суратги. Гьей щий?\n-Гьей кколаан Темирхан-Шураялдаса Махӏачхъалаялде нух бахъарав инженер, бечедав чи Гӏадилгерей Дайитбеговасул яс. Москваялда тохтурлъиялъеги цӏалун, Дагъистаналда руччабазда гьоркьой тӏоцеесей хирурглъун яхъана гьей. Халилбегил лъикӏаб бербалагьи букӏана гьелдехун. Квералъ гьелъул суратги бахъана гьес, гьелде кечӏги хъван букӏана.\nДоб заманалда церетӏурал дагъистаниязул къокъа букӏана цоцалъ гьудуллъи бугеб – Тахо-Годи, Ахундовал, Къоркъмасовал, Дайитбеговал, Халилбег ва цогидал.\n-Кьер гьечӏеб къалмица рахъарал бихьиназул сураталги рихьана выставкаялда.\n-Гьенир руго Дагъистаналдаса эмигрантазул тӏоцебесеб кьералда гъорлъ рукӏарал гӏадамал. Халилбег гьелгун дандчӏван вугоан Тифлисалда. Масала, имам Шамилил васасул вас Сагӏитбегги вуго гьенив.\nГьединго «Хвалил макьу» абураб суратги буго гьениб. Дие цӏакъ асар гьабуна гьелъ. 1949 соналда бахъараб гьелъулъ загьирлъулеб буго Халилбегида жиндирго хвел гӏагарлъулеб букӏин лъалеблъи.\n-Суратазда лъураб хасаб ишара яги мугьру бугищ гьесул?\n-Халилбегица цин гӏурусалъ хъвалеб буго суратазда гъоркь жиндирго цӏар. Хадуб байбихьана гьеб гӏажамалъ хъвазе, гьелдасаги хадуб -латин хӏарпаздалъун. Цо заманалда гьес суратазда лъолаан жидерго тухумалъул мугьру гӏадаб ишараги.\nПалхӏасил, Халилбегил хӏакъалъулъ хӏакъикъат рагьизе жеги анцӏ-анцӏ сонал къваригӏина. Дораса-гьаниса биценал рагӏун гурони, чӏванкъотӏун данделъарал хӏужаби цӏакъ дагьал руго.\nДиего Халилбегица гьабулеб асаралъул бицани, аслияб жо буго цо -магӏарухъа вачӏун шагьаралдегун гӏадатияв дагъистанияс жиндирго цӏарги махщелги халкъазда гьоркьосеб даражаялде бахинаби."}
{"slug": "10655-aparagl-iyalda-arab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10655-aparagl-iyalda-arab-giumru", "title": "Апараглъиялда араб гӏумру", "date": "2021-02-01 08:47:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чӏохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватӏан тун къватӏиве аралдаса исана нусго сон тӏубала.\nТахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цӏунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тӏалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.\nХудожникасул вацасул васал Гӏумаргун Мухӏамад сабаблъун республикаялъул Миллияб музеялда Халилбегил суратазул тӏоцебесеб выставка бихьизабуна 1999 соналда.\nГьел кӏиязухъего Халилбегил лъади, баронесса Мелани фон Нагель-Мусаевалъ гьебго соналъ кьун рачӏарал суратал кколаан гьел.\n1992 соналда СШАялда Меланихъ гьоболлъухъ рукӏарал Расул Хӏамзатовасгун гьесул лъади Патӏиматицаги рачӏун руго Халилбегил суратал.\nДоб мехалда изобразительныял искусствабазул музеялъул директорлъун йикӏарай Патӏиматица музеялда лъун букӏана 1970 соназда Америкаялдаса бачӏараб Халилбегил щуго суратги.\nХадурго Грузиялдасаги сайгъат гьарун рачӏун руго гьенире Германиялде иналдего Халилбегица рахъун рукӏарал цо—цо суратал.\nЖивго Мусаясул Халилбегил хӏакъалъулъ хъвараб, доба—гьаниб басмаялда бахъараб материал дагьаб буго.\nЭркенлъи хириял умумузул ракьалда тӏалъи хисидал, 1921 соналда цӏализе арав гьев тӏокӏалъ тӏадвуссине хъван букӏун гьечӏо къисматалъ. Гьесул гӏумру ана цин Германиялда, хадуб Америкаялда. Вукъунги Нью—Йоркалда вуго.\nТӏоцебе Халилбегилъ суратал рахъизе махщел загьирлъиялъе сабаблъун ккун вуго Щуланиса Исмагӏил. Гьев кколаан жиндилъ карамалъи бугилангицин абулев вукӏарав гӏалимчиги, ганчӏида накъищал рахъун, занал къачӏалев кутакалда лъикӏав устарги. Халилбегил инсул заниги гьес къачӏан буго.\n«Исмагӏилил мастерскаялде—нахъе гӏемер щолаанила Халилбег. Цинги гьесул кӏудиял вацал Мухӏамадидагун Къагьирида халлъун буго гьитӏинав вацасул гьунар. Гьедин тӏоцере гьез росун руго гьесие къалмалги релъеналги», —ян бицана газеталъе Хадижат Мусаевалъ.\nГьабсагӏаталда Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялда рагьараб Халилбегил выставка 30 июналде щвезегӏан халатбахъине буго.\nГьелда тӏасан гьадин бицана Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъул директорасул заместитель Джамиля Дагировалъ «Хӏакъикъат» газеталъе:\n-Гьабсагӏаталда Миллияб музеялда буго Халилбегица бахъараб 50 сурат. Хутӏарал – Германиялда, Америкаялда ва хасал гӏадамазухъ кодор руго.\nГьаб выставкаялда лъуна Мусаясул Халилбегил фондалъул бетӏергьанлъиялда бугеб 93 сурат. Къотӏи-къаялда рекъон, фондалъ гьел музеялде кьун руго халатккун заманалъ цӏунизелъун.\nСуратазухъ балагьун, кутакалда гӏемерал суалалги руго рижулел, цо-цо хӏужабиги руго загьирлъулел. Халилбегил биографиялъулъги цӏикӏкӏун руго лъаларел жал. Гьединлъидал доба-гьаниса кӏвараб материал бакӏарун, дандекколеб буго нижеца.\nХалилбегил цӏаралда сверухъ лъалебги лъаларебги бицунел чагӏиги дагь гьечӏо. Масала, Франц Руболгун гьесул гьудуллъи букӏанин абула цо-цояз. Букӏинчӏо. Халилбегил суратал Метрополитен-музеялда (Нью-Йорк) рихьизарунинги бицуна. Гьаричӏо. Гьеб гьедин букӏун батани, гьелъие хӏужа бихьизабизе ккола.\nДица Халилбегил творчествоялда тӏасан лекция цӏализехъин бугин сайталда лъураб лъазабиялда гъоркьги тӏубараб карщ гьабун батана. Масала, гьев фашистазул рахъалда вукӏанилан хъвалеб бугоан цояс. Гӏемер дандчӏвалеб пикру буго гьеб. Амма киб бугеб гьелъие далил?\n-Гитлерилгун гьудуллъи букӏун бугиланги рагӏана бицунеб. Мюнхеналда художествияб академиялде цӏализе лъугьунелъул лъан ругила гьел цоцада.\n-Гьедин хъвараб бакӏ киб бугеб? Цо хасал чагӏаз риччарал харбал ккола гьел. Гьеб мехалда Гитлер вукӏун ватула къисматалда рекӏекълъарав гӏолохъанчи.\nФашистазул рагъулаб ратӏлил эскизалги Халилбегица рахъулел рукӏун ругилан чӏола цо къокъа. Немцазул модельерал рукӏинчӏогодай? Гьединаб кӏвар бугел ишазда гъорлъе цогидал миллатазул чагӏи риччалел рукӏанадай гьез?\nГьединго доб заманалдаги дол шартӏаздаги гӏумру гьабе цин гьедин гӏайиб чӏвалелде цебе. Хӏакъикъаталда абуни, чи бахиллъилеб гӏадаб къисмат букӏинчӏо гьесул: советияб низамалдаса рикӏкӏалъарав гьев фашистазул низамалде ккана. Амма киве кканиги, магӏаруллъи биличӏо гьесулъа.\nРичизе сураталги рахъулел рукӏун руго Халилбегица. Гьедин заказазда рекъон рахъаралги цогидалги гӏезегӏан суратал рухӏун руго рагъул заманалда. Самолёталъ рехараб бомба гьесул минаялдаги щун, тӏатӏала ккун буго художникасул мастерская. Хвасар гьаризе кӏварал хӏалтӏаби Халилбегица Америкаялде росун руго.\n1970-абилел соназдаса байбихьун гьесул лъади Меланица хӏалбихьун буго Халилбегил гӏагарлъиялъулгун бухьен гьабизе (художник хвана 1949 соналда -ред.). Амма заман батӏияб букӏиндал, гьелъул хӏасил ккун гьечӏо. Нилъер улкаялда Халибегил цӏар бахъизеги бегьулеб букӏинчӏелъул.\nГӏицӏго 1990-абилел соназда бажарана Меланихъа нилъехъе гьел ритӏизе.\nГьелде рачӏинегӏанго нижер музеялдаги букӏана Халилбегил хӏалтӏабазул дагьабго къадар. Гьел рукӏун руго бакӏ-бакӏалда цӏунун хутӏарал, Къоркъмасовас ричун росарал гьесул суратал. Октябралъул революция ккун 10 сон тӏубаялде Москваялда тӏобитӏулеб «Искусство народов СССР» абураб выставкаялдаги лъун рукӏун руго гьезул цо-цоял.\n-«Красный суд в Дагестане» абураб суратги бихьана гьаниб къеда чӏван. Гьединаб магӏнаялъул суратал гьесул ратилин ккунго букӏинчӏо.\n-Буго. Амма копоего бахъараб гӏадаб сурат буго гьеб, гьелъулъ загьирлъулеб буго доб гӏуцӏиялдехун художникасул букӏараб бербалагьи – дагьабго тӏад велъи, цо-цо жал тенкезаризе лъугьин.\n1917-1918 соназда Мугӏрузул республика гӏуцӏараб заманалда Халилбегиеги батӏаго квеш букӏинчӏо гьаниб. Гьев хӏалтӏулев вукӏана «Танг-Чолпан» журналалда, Мавраевасул басмаханаялда, Лансереда цадахъ гьес дарсал кьолаан реалияб училищеялда, Мугӏрузул улкаялъе байрахъги ургъана гьес.\nДагьалъ чӏун Халилбегида бичӏчӏана гьанив жив хӏебтӏулареблъи, жиндие гьеб низам данде кколареблъи. Гьединлъидал махщел камил гьабизе, хадувккунги цӏализе кколин багьанаги батун, Халилбег гьаниса ана. Амма советияб власталъ цӏалухъ кьезе байбихьуда гӏарацгицин битӏулеб букӏана гьесие.\nРеспубликаялдаса къватӏиве ине Халилбегица хӏалбихьулеб букӏана 1919 соналдаги. Владикавказалдасан Тифлисалдеги ун, гьенисан Чӏегӏерралъдалъан Турциялде унаан доб мехалда. Шапи Казиевасул тӏехьалда хъвалеб буго гьедин.\n1921 соналда кӏиабизеги хӏалбихьула Халилбегица республика тун ине. Гьеб мехалда искусствоялъул рахъалъ гӏуцӏараб наркомпроссалъул отделалда хӏалтӏулев вукӏана Халилбег. Гьес къачӏалаан хӏурматиял, кӏвар бугел данделъаби тӏоритӏулел залал.\nГьедин пачалихъалъул заказ тӏубазе релъенал хӏажат ругиланги абун, Халилбегица Бакуялде нух босула. Гьениб паспортги гьабун, Турциялде уна. Гьенив (Самсуналда) гьев дандчӏвала кӏудияв вац Мухӏамадгун. Цинги гамидаги рекӏун Варнаялде, хадув поездалдаги рекӏун Мюнхеналде уна. Гьенир гӏемер пайдаял лъай-хъваял ккола гьесул. Амма гӏумру гьабизе захӏматаб букӏанин хъвалеб буго гьес жинцаго.\nХалилбегил 24 сон букӏана улка тун къватӏиве унеб мехалда. Эркенго хӏалтӏизе рес кьурабани, кутакалда цеветӏезе вукӏана гьев. Амма я жиндирго ватӏаналда советияб гӏуцӏиялъ, я доб заманалъул Германиялда гьединал ресал щвечӏо художникасе. Германиялда, масала, хӏатталдаса ун гӏемерал гӏорхъичӏваял гьарулаан доб мехалда художниказе.\n-Гьесул хӏалтӏабазухъ балагьун, махщел цӏубараб мех лъазе бажарулищ? Масала, кинаб ригьалда рахъарал суратал лъикӏал ругел?\n-Диего рокьула гьес гӏолохъанлъуда Дагъистаналда вукӏаго рахъарал хӏалтӏаби. Гьеб мехалда сунцаниги квекӏен гьабун гьечӏоан хӏалтӏизе – я идеологиялъ, яги ватӏаналъухъ чӏалгӏеналъ.\nВатӏаналъухъ рухӏ бецӏулеб букӏаниги, хадубккун Германиялда гӏумру рукӏалиде бачӏун буго художникасул. Хасго Меланигун дандчӏвайдал. Гьел кӏиялго рукӏун руго цоцазе къваригӏарал чагӏи.\n-Гьелъул сураталда гъоркь Сагӏадат абун хъван бихьана Халилбегица. Гьелъул магӏна щиб?\n-Дагъистаналда вугеб мехалда Сагӏадат абурай яс йокьулей йикӏарай къагӏида гьесие. Гьединго Темирхан-Шураялда Абуладзе абурав машгьурав фотографасул ясалъулгунги букӏанин гьесул рокьиян хъвалеб буго.\n-Интернеталда гӏемер дандчӏвала Зайнаб Дайитбеговагун цадахъ чӏун бахъараб Халилбегил суратги. Гьей щий?\n-Гьей кколаан Темирхан-Шураялдаса Махӏачхъалаялде нух бахъарав инженер, бечедав чи Гӏадилгерей Дайитбеговасул яс. Москваялда тохтурлъиялъеги цӏалун, Дагъистаналда руччабазда гьоркьой тӏоцеесей хирурглъун яхъана гьей. Халилбегил лъикӏаб бербалагьи букӏана гьелдехун. Квералъ гьелъул суратги бахъана гьес, гьелде кечӏги хъван букӏана.\nДоб заманалда церетӏурал дагъистаниязул къокъа букӏана цоцалъ гьудуллъи бугеб – Тахо-Годи, Ахундовал, Къоркъмасовал, Дайитбеговал, Халилбег ва цогидал.\n-Кьер гьечӏеб къалмица рахъарал бихьиназул сураталги рихьана выставкаялда.\n-Гьенир руго Дагъистаналдаса эмигрантазул тӏоцебесеб кьералда гъорлъ рукӏарал гӏадамал. Халилбег гьелгун дандчӏван вугоан Тифлисалда. Масала, имам Шамилил васасул вас Сагӏитбегги вуго гьенив.\nГьединго «Хвалил макьу» абураб суратги буго гьениб. Дие цӏакъ асар гьабуна гьелъ. 1949 соналда бахъараб гьелъулъ загьирлъулеб буго Халилбегида жиндирго хвел гӏагарлъулеб букӏин лъалеблъи.\n-Суратазда лъураб хасаб ишара яги мугьру бугищ гьесул?\n-Халилбегица цин гӏурусалъ хъвалеб буго суратазда гъоркь жиндирго цӏар. Хадуб байбихьана гьеб гӏажамалъ хъвазе, гьелдасаги хадуб -латин хӏарпаздалъун. Цо заманалда гьес суратазда лъолаан жидерго тухумалъул мугьру гӏадаб ишараги.\nПалхӏасил, Халилбегил хӏакъалъулъ хӏакъикъат рагьизе жеги анцӏ-анцӏ сонал къваригӏина. Дораса-гьаниса биценал рагӏун гурони, чӏванкъотӏун данделъарал хӏужаби цӏакъ дагьал руго.\nДиего Халилбегица гьабулеб асаралъул бицани, аслияб жо буго цо -магӏарухъа вачӏун шагьаралдегун гӏадатияв дагъистанияс жиндирго цӏарги махщелги халкъазда гьоркьосеб даражаялде бахинаби."}
{"slug": "10660-k-ismatal-k-varid-garurazul-akhiriseb-khul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10660-k-ismatal-k-varid-garurazul-akhiriseb-khul", "title": "Къисматалъ къварид гьаруразул ахирисеб хьул", "date": "2021-02-02 06:20:03", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "«Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» абураб гурхӏел-рахӏмуялъулаб гӏуцӏиялъе Раисат Гӏусмановалъ нухмалъи гьабулелдаса 12 сон буго. Гьелъулги гьелъ нухмалъи гьабулеб гӏуцӏиялъулги хӏакъалъулъ нижеца цебеги гӏемер бицана. Жеги бицинеги мустахӏикъай йиго, эбел-эмен гьечӏого хутӏарал ва гӏумруялъулъ захӏмалъаби дандчӏварал руччабазе кумек гьабулей бахӏарчияй гьей гӏадан. Гьелда гӏезегӏан лъикӏ лъала ятимал, ресукъал, социалияб рахъалъ цӏуничӏел гӏадамазул ахӏвал-хӏалги, гьезие пачалихъалъул рахъалдаса щвезаризе бегьулел бигьалъабазулги хӏакъалъулъ.\n«Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул гурхӏел-рахӏмуялъул иш гӏицӏго бесдалазе квен, ретӏел яги жанир чӏезе бакӏ цӏехеялдалъун лъугӏуларо. Раисатица юридикияб рахъалъги кумек гьабула гьединал чагӏазе.\nГӏумрудул школа\n2011 соналда Раисат Гӏусма-новалъул хӏаракаталдалъун эбел яги эмен гьечӏел ясазе кумекалъе рагьана социалияб гостиница. Чанго соналъ гьеб хӏалтӏулеб букӏана сахаватчагӏаз кьолеб гӏарцул кумекалдалъун. Къисматалъ къварид гьарурал руччабазе ва лъималазе кумекалъе чанго проектги ургъана Раисатица. Гьелъул жигарчилъиги хӏаракатги бихьичӏого хутӏичӏо республикаялъул нухмалъулездаги.\nР. Гӏусмановалъ гӏуцӏараб «Гӏум-рудул школа» проекталъе 2019 соналда «Гражданияб жамгӏият цебетӏеялъе РФялъул президентас бихьизабураб грант» бергьана (30.01.2019 РФялъул президентасул №30 указ). Проекталъул мурадги буго къварилъиялде ккарал руччабазе кумек гьаби.\nСоциалияб гостиницаялда, «Гӏумрудул школа» проекталда рекъон, руччабазе психологасул кумекги щола. Гьенире рачӏуна гӏумруялъ къварид гьарурал руччаби. Рехсараб проекталъул программаялда рекъон, лъималазул сахлъиялъул тӏалаб гьабизе ва гӏолохъанал улбузе малъа-хъваял гьаризе гостиницаялде ячӏуна тохтур-педиатрги. Гӏолохъанал ясазда малъула щияй чӏужугӏаданалда тӏадаб рукъалъул хӏалтӏиги, компьютералъул ишги, гӏумруялъулъ гӏемер дандчӏвалел суалазда тӏаса юридикиял малъа-хъваялги гьарула.\n«Бесдалал гьечӏеб Дагъистаналъул» кунчӏи\nСоциалияб гостиницаялда гӏумру гьабун ругел руччабазухъе гьоболлъухъ щвана нижги. Ахирисеб нухалда гьение щваралдаса гӏезегӏан хисун буго гостиницая-лъул хӏалтӏиги. Гьениб гӏумру гьабун ругезда тӏадаблъун ккола: рукъ бацӏцӏадго цӏуни, гостиницаялде чияр чагӏи рачунгутӏи. 2019 соналдаса байбихьун ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул субсидия ва ДРялъул бетӏерасул грант бергьараб «Огонек» проекталда рекъон, «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялда хӏалтӏулеб буго къад заманалда хӏалтӏулеб ясли-ахги. Гьелъие дандекколел шартӏалги гӏуцӏун руго социалияб гостиницаялда. Эбел-эмен гьечӏел ва рес къотӏиялде ккарал руччабазул лъимал чӏорого хьихьула гьенир. Ясли-ахалде ритӏарал жидерго ва цогидал лъималазе тарбия кьеялъул, богогьанлъиялъул ва цогидаб хӏалтӏуде лъугьине рес буго ятимал руччабазе. Проекталда рекъон, гьезие чӏезабураб харжги буго.\nЛъабго лъимадул эбел, 38 сон барай Саният, гьекъолев ва кидаго гъалмагъиралда вукӏунев росасдаса лъутаралдаса ункъо моцӏ буго. «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялде ячӏинегӏанги Саният гьединабго гӏуцӏиялда моцӏалъ гӏумру гьабун йикӏана. Бищун гьитӏинаб лъимерги гьений йикӏаго гьабуна гьелъ. Гьениб кванил рахъалъ ва гьитӏинаб лъимадуе ретӏелги кьун кумек гьабуна Саниятие. Рес гьечӏого къватӏир хутӏарал руччабазе кумекалъе ккураб квартираялда чанго чӏужугӏаданги йикӏана гьелда цадахъ, амма гьениб рес букӏинчӏо я лъимер школалде битӏизе яги гьабураб лъимадуе документал гьаризе. Гурхӏарас бачӏараб квенги кванан, жанир рукӏине гьитӏинабго бокӏон бугониги гӏелин абун, моцӏгӏанасеб заман бана Саниятица гьениб. Гӏемераб мехалда тӏубалареблъи бичӏчӏидал, гьей шагьаралда гӏумру гьабун йигей гьалмагъалъул кумекалдалъун, «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде ячӏана.\nШагьарги, законги, бетӏербахъия-лъе гӏураб къагӏидаялда гуреб гӏурус мацӏги лъаларей Саниятил лъимадуе документал гьаризеги школалдегун садикалде лъимал ритӏизеги кумек гьабуна Р. Гӏусмановалъ.\n— Кӏудияв вас балугълъиялде рахинчӏел лъималазе республикаялъул социалиябгун реабилитациялъулаб централда вуго, гьенивго цӏалудеги хьвадула. Гӏодоркъояз яги рес щванщинахъе гьесухъеги хьвадула дун. Гьоркьохъев вас гьанивго, ясли-ахалда вукӏуна. Дунги гьаний нянькалъун хӏалтӏулей йиго. Цадахъго гьитӏинав хьихьизеги гьесие хъулухъ гьабизеги ресги щола, — ян бицана Саниятица.\nСаниятил канлъиги хашаб буго. Гьелъул беразул хал гьабизеги дару гьабизеги Каспийскиялда бугеб беразул клиникаялде ячана гьей Раисат Гӏусмановалъ.\nЯтимал руччабазе кумек\nГьелдаго релълъараб къисмат буго хахулеб лъимергун цадахъ росасдаса лъутарай Алиналги. Гьей ккола дагъистаниялъ детдомалдаса хьихьизе ячарай гӏурусай. Гьейги йиго ясли-ахалда богогьанлъун хӏалтӏулей. 20 сон барай Алинал хьул буго тӏадегӏанаб лъай щвезабизе цӏализе лъугьинеги.\n«Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде Алина йитӏана бакӏалъулаб опекаялъул гӏуцӏиялъ. Социалияб гостиницаялда гьей ругьунлъулей йиго юкъаризе, компьютералда хӏалтӏизе.\n— Гьаниб нижееги лъималазеги гьуинаб квен гьабизе кванил нигӏматалги чӏезарун руго. Щибаб моцӏ байбихьигун «Зеленое яблоко» тукадаса кванил нигӏматал росун рачӏуна. Пихъги, овощалги, гьанги, гьуинлъиги камун хутӏуларо ниж. Гьаниб гӏумру гьабуралъухъги нижехъа гъурущцин босуларо. Нижеда тӏадаб жо буго гӏицго рацӏцӏалъи цӏуни, намусалда рекъон хьвади, — ян бицана Алинаца.\n26 сон барай, ункъо лъимадул эбел Хадижат Раисат Гӏусмановалъухъе ячӏана заманаялъ жаний йикӏине бакӏ къваригӏун бугинги гьарун. Гьелъул бищун гьитӏинаб лъимер захӏматго унтун буго. Гьелъие дару гьабизе зама-заманалда росулъа Махӏачхъалаялде ячӏине ккола Хадижат. Гьаб нухалдаги Китаялдаса рачӏарал тохтурзабазухъе 30 000 гъурщил багьаяб даруялъул курс гьабизе ячӏун йиго гьей.\n— 11 классалда цӏалулей йикӏана дун, эбел-эмен хвараб мехалда. Раисат Мухӏамадовнаялъулгун лъай-хъвай ккун букӏана дир университеталда цӏализе лъугьараб заманалдаго. Гьелъ кумек гьабуна нижее бесдал лъималазе кьолел квартираби щвеялъе документал ракӏаризе. Раисат Мухӏамадовнаялъул кумекалдалъун дунги вацги пачалихъалъ квартираби чӏобого кьолезул сияхӏалда руго.\nРес къотӏидал «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде щвана кумек гьарун. Унтараб лъимадуе дару гьабулей йикӏун, квартираялъухъ кьезе гӏарац гӏолеб букӏинчӏо. Гьанибин абуни, клиникаялдаса ячӏинегӏан дир цояб лъимерги хьихьула, квенги чӏобого букӏуна, рукъалъухъги гӏарац кьезе кколаро. Кӏудияб баркала буго Раисатие, — ян бицана Хадижатица.\n«Бесдалал гьечӏеб Дагъистаналъул» аслияб масъалалъун ккола бесдалазе гьезул социалиял, ихтияралъулал, жамгӏиял ва хасал суалал тӏуразаризе квербакъи, гьезул захӏмалъабаздехун пачалихъалъул кӏвар буссинаби. Гьеб масъалаги тӏадегӏанаб даражаялда тӏубалеб буго Раисат Гӏусмановалъ."}
{"slug": "10806-khushet-mashinabazul-bakialda-khiamul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10806-khushet-mashinabazul-bakialda-khiamul", "title": "Хушет: машинабазул бакӏалда-хӏамул", "date": "2021-02-11 09:00:45", "categories": ["obshestvo"], "text": "Редакциялде гьоболлъухъе вачӏун вукӏана Цӏумада районалъул Хушет росулъа Хӏапиз Абулмуслимов. Бигьалъиялда хадур гӏатӏиракьалде гӏадамалги гочун, чӏунтулел росабазул цояб батилин ккун букӏана Хушетги. Амма яшав гьабизе шартӏал кутакалда захӏматал ругониги, росуцоязда ракӏалдацин гьечӏин росу рехун тезеян бицана Хӏапизица.\n— Райцентралдаса 99 километралъ рикӏкӏада буго Хушет. Нижедаса хадур руго гӏицӏго гуржиязул росаби. 2055 метралъул борхалъиялда буго нижер росу. Гӏага-шагарго 250 цӏаракиги буго гьениб. Кӏодолъиялъул рахъалъ районалда щуабилеб бакӏалда буго гьеб. Росдае хӏажатал масъалабазул цояб ккола нилъер операторазул (телефоналъул) бухьен гьечӏолъи. Гьединлъидал нижеца пайда босула гуржиязул бухьеналдаса. Грузиялдаса сигнал лъикӏ ккола Хушеталда, нилъер операторазулалдасаги («Хӏакъикъаталъул» гьариялда рекъон, цебесеб номералда бахъун букӏана «Ростелекомалъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Руслан Ярахӏмадовас гьеб суалалда бан кьураб жаваб. Мугӏрул-щобал ругеб бакӏ букӏиналъ, гьанибе жеги шагьранух гьечӏолъиялъ Хушеталде интернетги мобильнияб бухьенги цӏазе, гьениб техника лъезе захӏмалъулеб буго компаниялъе —редакция). Росулъ гьанжегӏагар бана цӏияб школаги. 70 лъимералъе бакӏ буго гьениб. Гьанжелъизегӏан лъимал хӏебтӏун рукӏана биххун тӏатӏала кколеб гӏадаб, басрияб школалда жанир. Гьенибе къайи-цӏа вертолёталда баччизе квербакъи гьабуна Хунзахъ бугеб гӏорхъаби цӏунулезул къокъаялъ. Хасго гьелъул начальникас. Дагьабниги тӏадагьаб къайи хӏамуздаги лъун баччула росулъе. Машинадул нух гьечӏелъул жеги гьенибе. Нижеда сверухъ буго жеги чанго кули. Гьениса лъималги хьвадула Хушеталде.\n— Цо-цо росабалъ гьечӏо лъим. Нужер доба кин бугеб?\n— Лъим буго росулъ. Цо-цояз рукъзабахъеги бачун буго гьеб. Гьечӏеб жо буго лъималазул ах. Нижер районалъул нухмалъулев Шамил Гӏумаровас рагӏи кьун буго лъималазул ахги спортзалги рагьизе. Гьев живгоги цевеккун школалда директорлъун хӏалтӏарав чи вугелъул, гьесда лъикӏ бичӏчӏула гьеб масъала. 120 азарго гъурущги данде рехун, росдал гӏолохъабаз дагьалъ цебе Хушеталда гьитӏинабго майданги гьабуна.\n— Нужер росдада тӏадехун гӏорхъаби цӏунулезул застава бугелъул, гьезулгун гьоркьорлъаби кинал ругел?\n— Кутакалда лъикӏал руго. Зама-заманалдасан вачӏуна гьезул нухмалъулев нижергун кӏалъа-басаял, малъа-хъваял гьаризе. Масала, жидедаги лъазабичӏого чанаре унгейин гьарула гьез росдал гӏадамазда. Гурони, чияр чийищ, нужергоялищали лъазе кколелъулила жидеда. Гьединлъидал нижеца хӏаракат бахъула хӏалтӏи гьезда дандбан гьабизе.\n— Туристал рачӏунищ?\n— Рачӏунаро, рикӏкӏада букӏиналъ батила.\n— Магӏарухъ хасго хасало канлъи къотӏулин гӏарзал рукӏуна. Нужехъ кин бугеб?\n— Валлагь, 35 сон ана гьенир то- калъул хӏубал лъуралдаса. Гьедин- лъидал турун руго гьел киналго. Дагьабниги гьури пурабго, регун уна гьел. Цинги росдал гӏолохъабаз рахъун чӏезарула хӏубал. Агъвалиса рахъарал Хушеталде щвезегӏан токалъул хӏалтӏухъаби рачӏине таманаб мех балелъул.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "10811-ashakhan-yusupov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10811-ashakhan-yusupov", "title": "Огь, кӏудияв имам, дур наслабаца…", "date": "2021-02-11 11:32:27", "categories": ["rel"], "text": "Имам Шамил накълулъаралдаса исана тӏубала 150 сон. Бакъигӏалъул хабалалъ аварагасул инсул вац Гӏабасида аскӏоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикӏ гьабуралдаса ана гьебгощинаб мех. Чанги лъим чвахана Гӏанди ва Авар гӏоразухъан гӏодобе. Гӏемерал лъугьа-бахъинал ккана гьеб 150 соналда жанир магӏарухъги. Гӏезегӏан тӏадчагӏи хисана, чӏвана, ана, лъугӏана. Гьезул гӏемерисезул лъалкӏ билана, къисмат кӏочана. Амма кӏочене рес гьечӏо ма гӏарулазда Ахӏулгохӏги, Гъунибги, Кӏудияв имамас гъазаваталъе гъеж гурун, чодул кьолониб тӏамураб къоло щуго сонги. Кӏочене рес гьечӏо гьаб ракьалда унго-унгояб бахӏарчилъиги, къо хӏехьейги, магӏаруласул кьуригӏан щулияб яхӏги, къвакӏараб хасиятги. Кӏочене рес гьечӏо магӏарулазда нилъерго миллияб тарих. Гьелъул щибаб хӏарп бидулъ къаламги ччун хъвараб бугелъул. Кӏудияв имам хваралдаса 150 сон тӏубаялда хурхун гӏезегӏан тадбирал тӏоритӏизе руго исана. Гьезие байбихьи лъураб кӏудияб сапар гьабуна араб шамат къоялъ, гъазаваталъул рагъул кьогӏлъи бихьарал ва гьениб гӏахьаллъи гьабурал магӏарул росабалъе магӏарулазул Миллиябгун маданияб автономиялъул, «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул ва халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул хӏаракатчагӏаз.\nКӏиго имамасул ватӏан\nСапарчагӏаз тӏоцебесеб рещтӏен гьабуна имамасул инсул росулъ — Генуб. Гьеб букӏана кьерхараб хасалил къо. Гендерил къварилъухъе ниж щведал, гьенир ратана «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏалиевги, ДНЦялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Гьарадерихъа Мухӏамад Мухӏамадовги, жеги чанго чиги.\nГенуб росу кӏалтӏа эхетарал аскарияз жанире риччазегӏан, цоцада хадуб читӏир гьабун чӏарал машинабазул рехьедги букӏана.\nМагӏарухъе унаго, машинаялъул гордухъан бихьун гурони, Генуве жеги щун вукӏинчӏо дун. Гӏадатияб гӏумру батана имамасул ватӏаналда. Гӏадамазул яшавалъ берцин гьабураб, гӏиязул гъадиги боцӏул гӏергӏедиги жаниса рагӏулеб, гьединго рогӏрахъан чвахулеб лъел сасги чӏвана гӏинда.\nРосдал гьетӏа-кӏичӏарал къватӏахъан гьаругьинан гендерил хабзалахъе къокъана ниж. Дагъистаналъул тӏоцевесев имам Гъазимухӏамадил зияраталде щварабго рекӏее батӏияб асар гьабуна.\nЦӏидасан, нахъеги пикрабаз тӏад ханлъи гьабуна: 1829 соналъул сентябрь, гендерил къварилъи; Аллагьас хъван батани, нилъ Алжаналъур дандчӏвалинги абун, кӏиябго хъатикь хвалченгун хучдузде тӏаде кӏанцӏун арав бахӏарчияв имам. Гьесда хадур цо-цоккун кӏанцӏун ун, шагьидлъарал гъазизаби. Гьениса хвечӏого ворчӏун, хадув 25 соналъ магӏарулалги чачаналги данде гьарун, гъазаваталъе гъеж гурарав Шамил.\nХадуб букӏана Ахӏулгохӏ, гурхӏел гьечӏеб кӏудияб дандечӏей, хъизанхъизаналгун цадахъ гохӏда шагьидлъарал муридзаби. Къотӏун гьечӏо жеги кьурабалъ гьезул дандерижи, Аллагь цо вугилан ахӏулеб, зобалазде рагӏараб гьезул зикрудал гьаракь.\nГьединал пикрабигун лъугьана дун имамасул зияраталде. Гьенив аскӏовго вукъун вуго Шамилил эмен Денгал Мухӏамадги. Хабада дугӏа-алхӏамги гьабун, къо-лъикӏ гьабуна кӏиго имамасул росдалгун.\nУстарасул ва шагӏирасул ватӏаналда\nХадусеб сапар нижер букӏана Тӏад Инхо росулъе. Гъоркьа Инхо тӏобитӏараб росдал магӏишаталъул кӏудияб ярмаркаялде щварал чагӏи сверана ниж гьениреги. Лъиданиги релълъинчӏеб гӏажаибаб хатӏалъул шагӏир ва гӏалимчи, адабияталъул классик Инхоса Гӏалихӏажиясул ва тӏарикъаталъул устар Гӏабдулхӏамид-афандиясул ватӏан Инхоре ниж щвана къалъудаса хадур.\nРосулъ кирниги лъалхъизе заман гӏемер букӏинчӏелъул, устарасул хабаде зиярат гьабуна бачӏинахъего. Гӏабдулхӏамид-афандиясул хабада берцинаб гьаракьалъ дугӏа-алхӏам гьабуна нижер сапарцояв Сасикьа Мухӏамадица. Кӏочон толареб асар гьабуна Кӏудиясул хӏакъалъулъ рагӏарал ракӏалдещвеяз. Устарзабазулги устар, къутӏбу Сагӏид-афандиясулги тӏоцевесев устар вукӏана Гӏабдулхӏамид-афанди. Гьединго гьев ккола республикаялъул муфти, тӏарикъаталъул устар Ахӏмад-хӏажи афандиясул кӏудияв эменги. Гӏажаибго гӏодобе биччараб хасияталъул, берцинаб иманалъул гӏалим. Нус-нус чи битӏараб нухде тӏоритӏарав исламалъул цевехъан. Исламалъ берцин гьавула чи. Устарзабазул баракат нилъее киназегоги камугеги.\nГъоркьа — гьалдолеб гӏор, тӏадехун — гӏумру\nСагъри кьодухъе щваралго, цӏидасан пикрабаз ХӀX гӏасруялде вачана. Ахӏулгохӏда рагъ байбихьилалде цебе, 1839 соналъул авалалда, гьенибги ккана кутакаб рагъ. Нусил бетӏер, Хунзахъа Хириясул Гӏалибегил бетӏерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразда дандечӏей гьабуна магӏарулаз. Амма къуват бащадаб гьечӏолъиялъ гьел нахъе къазе ккана. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго гьунар бугев магӏарулазул шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаевасул «Имам Шамил» абураб тӏехьалда.\nКӏудиял тарихиял лъугьа-бахъиназул нугӏлъун кколеб Сагъри кьодухъе щведал, пикрабаз цо хӏалалда толаро инсан. Гӏемераб жоялде кантӏизавула гьелъ чи. Аралъул хӏисабги гьабизе, умумузул бахӏарчияб къисматалда цебе бетӏер къулизе, гьезул къимат гьабизе ккеялъул асар лъугьуна рекӏелъе. Гъоркьа гьалдолеб Гӏанди гӏурул гучаб гьаракьалъги кутакаб асар гьабула щивав чиясе. Гьаниб хъван гьеб кинабго ургьибе унаро, гьениреги щун сихӏкъотӏун гӏенеккичӏого…\nАмма асирлъуде унге щивго чи…\nСагъри кьоги нахъа тун, Ахӏулгохӏда цере лъалхъана ниж. Гохӏда тӏаде балагьараб борхалъиялда гӏешдерил росдада гъоркьа бугеб мемориалияб комплексалде цере ракӏарана киналго. Комплексалда аскӏобго цун бугеб музеялъул директор, Гӏашилтӏаса Султӏанмухӏамад Гӏалиевас бицунеб букӏана машгьураб гохӏда ккарал чӏахӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ. 1839 соналъул роол моцӏаз, гьалулеб бакъуда гъоркь 80 къоялъ магӏарулаз гьабураб тарихияб дандечӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьес гьалбадерие. Бицунеб букӏана сабураб, берцинаб мацӏалда, щибаб рагӏи рекӏел тӏиналде бортуледухъ, махщалида. Цебеккун чанго нухалда рагӏун букӏаниги, цӏидасанги хӏухьел ккун гӏенеккана дун Ахӏулгохӏалъул тарихалъухъ. Щайгурелъул гьелъул бицен киданиги чӏамучӏлъизе рес гьечӏелъул.\nАхӏулгохӏил гьитӏинлъи,\nГьаб халкъалъул къвакӏунчӏей,\nКьалда муридзабазул\nИмамасе мутӏигӏлъи.\nДов Шамилил гӏадиллъи,\nГӏадлуялъул ритӏухълъи,\nЛъимер баччун лъадицин\nЧӏола гуллида цее.\nЦоги нухалъ кӏвар кьун хал гьабун бихье гьал рагӏабазухъ! Хахулел лъималги цадахъ рачун гохӏде рахарал руччаби. Шагьидлъун, рос ракьалде щапидал, гьесухъа бортараб хвалченги борхун, тушманасде тӏаде гъалбацӏаллъун кӏанцӏарал магӏарул руччаби. Тушбабицин хӏайранлъулеб бахӏарчилъи бихьизабуна гьез. Лъеберазарго чиясдаса данде гьабураб, яргъидалъун хьезабураб пачаясул аскаралда дандечӏей гьабуна лъабазарго чияс. Гьезда гъорлъги, туманкӏ кьвагьизе, хвалчен хьвагӏизе кӏолев 1200-гӏанасев чи вукӏанин бицана Султӏанмухӏамадица. Хутӏарал рукӏана руччабиги лъималги.\nАхӏулгохӏда рагъулаго араб лъабго моцӏалъул цояб букӏана Рамазан. Рухӏ тӏагӏунеб чорхое дагьабниги къартӏ букӏине, барсараб чӏарил лъабго мугьги чӏамулаго, гьужумалъ арал муридзаби. Гохӏде тӏаде ххарун рачӏунел тушбабазул читӏир тӏезабизе кодоб хвалченги ккун гьезда тӏаде кӏанцӏарал жеги михъида хӏур чӏвачӏел гӏолохъаби.\nЩукӏдузда дал-далун хутӏараб гъежги хӏатӏикье ккезабун, тӏун гьебги рехун, цӏидасан гъазаваталде арав Хунзахъа Хириясул Гӏалибег. Щулалъул гохӏ бахъизе кӏоларого ракӏ свакан, тату хун рукӏана пачаясул солдатал. 100 чиясдаса данде гьабураб магӏарулазул гьитӏинаб къокъа къуркьизабизе кӏоларого гӏемер къо бихьана гӏурусазда. Тату хун букӏана гьезул!\nАсирлъуде щивниги унгеян имамас гьабураб амруги рекӏелъ цӏунун, Гӏандигӏурулъе кӏанцӏарай Шамилил яц. Хахулеб лъимерги къвалакь ккун, анцӏго бихьинчиясда данде ягъарай Шамилил лъади Жавгьарат. Ахӏулгохӏалъул бахӏарчияб тарихалъул наслабаз жеги гӏемер бицине буго…\nКӏудияв имам хваралдаса 150 сон тӏубаялда хурхун гьаризе хӏисабалде росарал гӏемерал тадбирал ругин исанаян бицана, гьеб сапаралъул гӏуцӏарухъан, «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас.\nЦебесеб къоялъ гьев ун вукӏана Моздокалде, Шамилил лъади (гьесие Ахъбердил Мухӏамадица хъамизегӏан гьей йикӏана Анна) Шугӏайнатил ватӏаналда гьей ракӏалде щвезайизе мемориалияб хъарщи рагьизе къотӏи-къаял гьаризе. Гьединго имам Шамилил цӏаралда бугеб Северияб Кавказалъул гуманитарияб колледжалдаги мавлид гьабизеги ракӏалда букӏиналъул хӏакъалъулъ бицана Гъайирбегица.\nВилълъа мун Гӏашилтӏе,\nщва Ахӏулгохӏде –\nЩибаб гохӏда дуда\nватила Шамил,\nСордо рогьа дуца\nгӏешдерил росулъ –\nМун гъазаваталде\nжанив лъугьина.\nМагӏарулазул гьунар бугев шагӏир, Хӏажи Гъазимирзоевасул гьал рагӏаби рагӏичӏев чи къанагӏатги ватиларо. Ахӏулгохӏда букӏараб рагъулъ шагьидлъун тӏубараб росуго чӏван лъугӏанин абизе бегьула гӏешдерил. Рагъ байбихьилалде кӏиго соналъ цебе, 1837 соналъ Гӏашилтӏа росуго гочун буго Нух гьечӏеб гохӏде, гьелда гьединго абула Басрияб Ахӏулгохӏиланги. 1839 соналъ Имам рагъде хӏадуризе гохӏде вахъиндал гьел киналго цадахъ гочана гьенире, Аслияб Ахӏулгохӏде. Рагъ лъугӏун хадуб нахъе хутӏун буго гӏицӏго анкьго хъизам. Доб мехалъ гьениб нахъе хутӏун буго гӏицӏго анкьго хъизам. Гьезул гӏураб наслу буго жакъа росулъ. Ниж дандчӏвана гьезул цояв, Дарбишиласул тухумалъул вакилгун. Жакъа гьесул наслуялъул вас Мухӏамад вуго росдал имам.\nИмам Шамилил эбел Бахумеседо жаний йикӏараб мина нижеда бихьизабизе машинаялда рекӏун, нижеда цадахъ вилълъана гьевги гьенисаго Аминов Гӏусманги. Дореги нахъеялъурги чанги интересал, тарихиял баянал гьурщана гьез нижее. Бицана Ахӏулгохӏда вагъулеб мехалъ 14 сон гурони букӏинчӏев Гӏашилтӏаса Къурбангӏалил хӏакъалъулъ. Гьесул нахъа кӏудияв гӏалмичи вахъине вукӏин лъалев вукӏарав имамас гьев гӏумруялъе хӏинкъи бугеб бакӏалде виччалароан. Ахӏулгохӏалда рагъ лъугӏун хадув Къурбангӏали имамасде цадахъ Чачаналде ана. Чачаналъан тӏадвуссун Шамилица гьев Гӏашилтӏе витӏана гӏелму цӏализе. Нахъа гьесул вахъана бергьарав гӏалимчи. Гьесул хабадеги щвана гьеб къоялъ.\nШамилил эбел Бахумеседол минаялъул чӏвадналги риххизарун, цӏиял къадал эхетизарулел руго гьенир гьабсагӏат. Гамачӏги гьебго хӏалтӏизабулеб буго.\nГьединго щвана имамасул заманалда тункӏихер гьабизе хӏалтӏизабулеб букӏараб хъахӏаб ганчӏихъеги. Гӏешдерил годекӏаниб буго гьеб гамачӏ жакъа къоялъги. Гьеб киналъго бергьун кӏудияб асар гьабуна нижее. Гӏажаибго рекӏее гӏуна Гӏашилтӏа росуги гьелъул гӏадамалги. Ниж рокъоре къабул гьарурав Султӏанмухӏамадги ватана унго-унгояб магӏаруласе хасиятаб умумузулго букӏараб тӏабигӏат гъорлъ бессарав инсан. Ниж кванан рахъинегӏанги гӏодов чӏечӏого, батӏи-батӏияб тӏагӏам нижее баччулев чӏечӏо гьев. Разиго къо-лъикӏ гьабуна дица Гӏашилтӏа росдалгун. Кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ бицен лъугӏичӏо… Магӏарулал чӏаго ругебгӏан мехалъ гьеб гьоркьоб къотӏизеги гьечӏо, Ин ша Аллагь.\nАшахан ЮСУПОВ,\nГенуб-Тӏад Инхо-Ахӏулгохӏ-Гӏашилтӏа-Махӏачхъала\nХАДУРАГӏИ 2 февралалда Махӏачхъалаялда, имам Шамилил цӏар лъураб проспект байбихьулеб бакӏалда, тӏобитӏана гьитӏинабго данделъи. Кӏудияв имам хваралдаса 150 сон тӏубаялде хӏадур гьабураб баннер чӏвана гьениб."}
{"slug": "10830-ashakhan-yusupov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10830-ashakhan-yusupov", "title": "Бакълъулазул ракьалда дармилгун ихтилаталъул байрам", "date": "2021-02-12 06:10:11", "categories": ["magiarukh"], "text": "30 январалда Гумбет районалъул Гъоркь Инхо букӏана кӏудияб тадбир. Республикаялъул мугӏрузул росабазда гьоркьоб тӏоцебе гьениб тӏобитӏана росдал магӏишаталъул ярмарка. Тадбиралъул гӏуцӏарухъаби ккола ДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоги Гумбет районалъул нухмалъиги. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда хурхинабуна гьеб тадбир. Амма Инхо ярмарка тӏобитӏиялъулъ букӏана цоги кӏудияб магӏнаги гӏиллаги. Гьеб росулъ умумузул за- маналдаго сверухъ росабалъаги гӏемерал ричарухъаби рачӏунеб кӏудияб базар букӏун буго. Араб гӏасруялъул 80-абилел соназда, Горбачевасул цӏи гьабун гӏуцӏиялъул заманалда, гьоркьоб къотӏаралдаса тӏокӏаб хӏалтӏулеб букӏинчӏо гьеб базар. Гьанже жидеда ракӏалда бугин щибаб анкьалъ Инхо доб цебего букӏараб даражаялъул базаркъо гьабизеян бицана тадбиралъул аслиял хӏаракатчагӏазул цояв, Гумбет районалъул нухмалъулесул кумекчи Асбег Асадулаевас. Амма цохӏо базаркъо гьабун гуребги, бажарани, щибаб моцӏалъги гьадинабго ярмарка тӏобитӏиялъул къагӏидаги цӏунизе ракӏалда буго гьезда. Радалго квачан букӏаниги, къадеялдехун дагьабго роцӏа-рокъунги ун, лъикӏаб къо букӏана Гъоркь Инхо. Росдал рагӏалде ниж щваралго рикӏкӏадего рагӏулеб зурма-къолол гьаракьалъ бицунеб букӏана жакъа цӏакъ чӏагояб тадбир букӏине бугеблъи. Ниж тӏаде щваралго, росдал бакьулъ бакӏ гӏадамаз занкӏун цӏун букӏана. Цояб рахъалда — белъунеб, бежулеб гьанал махӏги, аскӏоб цӏадуда тӏад лъураб самоварги, гьекъолеб чайги.\nЗАХӏМАТЧАГӏИ ВА ЛЪИКӏАБ ХӏАРАКАТАЛЪУЛ ХӏАСИЛ\nСагӏат анцӏила цоялдехун официалияб куцалъ ярмарка рагьизе сценаялда цере ракӏарана Гумбет райадминистрациялъул нухмалъулев Хӏажимурад Мухӏамадовги, республикаялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас, Болъихъ районалъул нухмалъулев Руслан Хӏамзатовги, цогидалги. Машгьурав гугарухъан, Чӏарадаса Мухӏамадхан Гӏарациловасе рагӏи кьун бугоан дун гьениве щвараб мехалъ. Гьесдаса хадув кӏалъазе вахъана 1980 соналда Москваялда тӏобитӏараб Олимпиадаялда чемпионлъун вахъарав Мухӏамадхӏасан Абушев. Хӏажимурад Мухӏамадовас жиндирго гьудулзаби-речӏчӏухъаби ахӏун ругоан тадбиралде. Гьез чанги хинал рагӏабиги абуна бакълъулазул ракьги гьезул гӏадамалги кӏодо гьарун. Ш. Шараповас Хӏурматалъул грамотаби кьуна росдал магӏишаталъул хӏалтӏулъ тӏокӏлъи бихьизабурал Цӏиликь росулъа захӏматалъул хӏаракатчагӏазе. Кутакалда гӏибоцӏудехун ва хур-хералдехун рокьи бугел, захӏмат бокьулел гӏадамал ругилан бицана Мухӏамаднуров Сулейманица. Цӏиликь гӏезабулеб буго тайпадулаб гӏи. Гьеб босизе чагӏи рачӏунел руго Белоруссиялдаса, Ираналдаса ва цогидалги къватӏисел пачалихъ- аздасаги. Амма цохӏо гьелда чӏун гьечӏо цӏилкьадерил захӏматчагӏи.\n— Дир вацасул васас исана бекьун букӏана 15 сотыхалда бугӏа. Ахирал соназда тӏубанго къанагӏалъун, тӏагӏун букӏанин абизе бегьула гьеб магӏарухъа. Умумузул заманалда цӏакъ кӏудияб къимат букӏана гьелъул. Кутакалда ракъиги кколеб, рокъоса мискинлъиги бачахъулеб нигӏмат букӏана, баркаман. Дида ракӏалда буго лъимерлъиялда, богӏол гӏатӏал хинкӏги белъун, гьелда гьоркьосан бецӏцӏун бачӏараб нахул къатӏра чадида тӏадеги тӏинкӏизабун кваниги, гьелда букӏараб татуги тӏагӏамги. Гьелъул къиматги гьабун бекьун букӏана вацасул васас исана гьеб. Хӏалбихьиялъего гӏадин бекьараб гьелъ лъикӏаб бачӏинги кьуна. Гьелъул ханжуги цӏакъ рекӏее гӏуна гӏадамазе. Лъара-лъарал рачӏун, чӏей букӏинчӏо гьелъул хӏалбихьизе бокьарал гӏадамазул. Шагьаралда ругезцин ахӏун бачӏунаан дагьаб жо жидее битӏизе рес гьечӏищилан, — ан бицана Сулейманица.\nГЬАЦӏУЕ ГЬАБУЛЕБ ХЪУЛУХЪАЛЪУЛ БАЛЪГОЛЪИ ВА ТӏОГЬОДЕ НА БУССИНЕ ТӏОЛЕБ ГӏЕТӏ\nКилалъ росулъа Ибрагьимов Мухӏамадица анцӏго батӏияб гьоцӏо бугоан ярмаркаялде бичизе бачӏун. 45 сон буго гьесул гьоцӏо гӏезабулелдаса. Жиндирго магӏишаталъул хӏакъалъулъ гьес би- цана.\n— Нижер росулъ, цохӏо дун гуревги, гӏемер руго найихъаби. Цӏакъ гьацӏуда тӏадчӏарал чагӏи руго Ки- лалъ. Мисалалъе, гьацӏул бачӏин лъикӏаб букӏине Ставрополалде, хӏатта Нугъаязул авлахъалдецин щвана. Цохӏо дунго вукӏунаро, ца- дахъ хъизамалъул киналго чагӏиго уна гьединаб мехалъ. Гьедин сезоналда жаниб 15 батӏияб бакӏ хисула нижеца.\n— Гьаб заманалда гьацӏуда хадур чӏарал, гьеб босизе бокьарал чагӏи гӏемер данд чӏвала. Амма чангиязул гӏарз букӏуна, бацӏцӏадаб бичун босизе щоларин, чакар бараб батулин абун. Гьедин захӏматаб ишищ кколеб бацӏцӏадаб гьоцӏо гӏезаби?\n— Щибниги захӏматаб жо гьениб гьечӏо. Кинабго бараб буго найихъанасул иманалдаги, гьесул хӏалтӏулгин рекӏелги бацӏцӏалъиялда. Чакар гӏемер букӏунин абулеб жоялда банги дица абила, гьабула гьеб хӏалтӏизе, амма гьеб гьабула хасалоде тӏинчӏ цӏунизе наялъе бигьаго букӏине, гьебги гӏемер гьабуларо. Гьелде рачӏине ккечӏеб мехги букӏуна. Мисалалъе, нижеца араб хасалихъе тӏадецин раккичӏого жибго тана тӏулбузухъ бугеб на, хасало наязе гӏураб къадаралда гьоцӏо букӏине. 15 апрелалда ниж гочуна лъарагӏлъиялде. Гъизляралъул авлахъалда гьеб гӏужалъ тӏадбан тӏегьазе байбихьула сверухълъи. Гьенисан ниж уна Ставрополалде, гьениса цоги бакӏалде, гьедин рииго тира-сверулаго, чанго батӏияб тӏогьодаса пайда босулаго уна нижер ва нахъ руссун росулъе гочуна, — ян бицана Мухӏамадица\nГЬАНАЛ КЪУЛАГӏИГИ, РАХЬГИ, ТӏАТӏИГИ\nЩабдухъ росулъа гӏолохъанчи Набигуллагьица ярмаркаялде бачӏун букӏана чанго гьанал къулагӏиги, хӏанги, рахьги, гьединго цӏцӏел тӏа тӏиги. 2000 гӏиги, 70-гӏанасеб чӏегӏерхӏайванги бугеб магӏишат буго гьезул хъизамалъул. 270 гъурщиде гьанал килограмм, хӏанил — 250 гъур- щиде бичулеб бугоан гьеб къоялъ ярмаркаялда. Шагьаралда гьабсагӏат гӏиял гьан буго 300-320 гъурщиде, хираго буго цогидаб нигӏматги. Гьан, гьединго, Мелъелтӏа росдал вакилзабазухъги бугоан. Гьарадерихъа бачӏун букӏана бакъ- вараб гьанги. Гъоркь Инхоса Булатханов Сахратулагьихъ бугоан мохмох. Ичичӏалиса Мухӏамад Ханакаевги вукӏана, бакъуда данде кенчӏолел гӏертӏалги цере тӏиритӏун. Квасул щватабиги, хинал къвалгьечӏалги, цогидабги квералъ бессараб ретӏел бичулел руччабиги рукӏана.\nКИЛАЛЪА ГӏУМАРИЛ ТИРИЛЪИГИ, БАРХЪАЛИСЕЛГИ, ТУРГЬБИГИ\nТӏад лъун вехьасул тӏагъургун, кодоб эргъахъги ккун Килалъа Гӏумар Хандулаевги вукӏана гьеб дандеруссинги берцин гьабун чӏаголъиялда. 69 сон барав гьес, гӏолохъанчияс киннигин, турникалда гьунарал гьарураб куцалъ дунялго хӏайран гьабуна дагьаб цебегӏан. Интернеталда буго гьеб видео. Инхо букӏараб тадбиралда цӏакъ рекъон вукӏана гьев, унгоунгояв магӏаруласул ретӏа-къайгун. Инхвадерил ярмаркаялде жидерго щагӏил цӏарагӏги босун рачӏун рукӏана Бархъалиса устарзабиги. Гьединго гьенире рачӏун рукӏана Юждагъалдаса гӏадамалги. Инхо ярмарка тӏобитӏулеб бугилан рагӏаралщинал цогидал бакӏаздаса чагӏиги рачӏун рукӏана гьенире. Тургьби рессулей цо гӏадан йихьун, гьелда аскӏове щведал, гьел ратана Гъоркь Инхоса руччаби. Эбелги ясги. Рихьизего берцинал тургьби ругоан гьез хӏадурун. Гьединго гӏертӏил къвалалги рухьбиги ругоан. Амма бищунго берцинго рихьана айфоналгун смартфонал жанир лъезе бегьуледухъ, квегӏенаб куцалда гьез гьарурал гӏисинал хулжал. Гьел гьаризе бокьарал гӏадамазул гӏемераб заказги букӏунин жидееян бицана Инхоса рессарухъабаз. Квен-тӏехги гьарзаго букӏана гьеб къоялъ Инхо. Гьалбал кваназаризе ашбаз хӏадурун бугоан. Щиб бокьаниги, нигӏматги букӏана. Берцинлъиги букӏана киса-кибего. Разиго руссана нижги, Инхобе гьабураб сапаралдаса, разилъи дагь-дагьккун ссун унеб бугеб тахшагьаралде. Болъихъ районалъул нухмалъулев Руслан Хӏамзатовас абуна гьадинал ярмаркаби тӏоритӏизе эстафета магӏарул цогидал районазги къабул гьабизе ккелилан. Цӏакъ лъикӏаб иш буго гьеб. Жакъа кутакалда хӏажат руго гьединал тадбирал. Нилъерго умумузул яшав кинаб букӏарабали гӏолеб гӏелалда бичӏчӏизе, хурухъанасул ва гӏияхъанасул захӏматалъул къимат гьезда лъазе хӏажат руго гьединал дандеруссинал.\nАшахан ЮСУПОВ Гъоркь Инхо – Махӏачхъала"}
{"slug": "10833-insul-anishchaz-kurkbal-g-uraj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10833-insul-anishchaz-kurkbal-g-uraj", "title": "Инсул анищаз куркьбал гъурай", "date": "2021-02-12 06:57:36", "categories": ["insan"], "text": "1993 соналда къватӏисел улкабазул мацӏал ва маданият лъазабиялъул мурадалда республикаялдаса чанго студент витӏун вукӏана Египеталде. Гьезда гьоркьой йикӏана Лъаратӏаса Марям Гӏабдулкъадироваги. Гьезул къисмат батӏи-батӏияб ккана. Марямидайин абуни жиндирго къисмат Каиралда батана. Къватӏисеб улкаялда 28 соналъ гӏумру гьабулеб бугониги, магӏарул ясалда кӏвана умумузул мацӏги, маданияталде рокьиги, гӏадат-гӏамалги цӏунизе. Нилъерго ватӏаналдацин рахьдал мацӏ цӏунизе захӏмалъулеб заманалда къватӏисел пачалихъазда гӏумру гьабун ругел магӏарулал щиб мацӏалда кӏалъалел жидерго лъималазда? Къватӏисел пачалихъазда лъай кьеялъул къагӏидаби кинал ругел? Кинаб бакӏлъун бихьулеб къватӏисел улкабазул гӏадамазда Дагъистан? Гьел ва цогидал суалазул «балъголъаби» рагьана нижее Гӏабдуразакъил Марямица.\nМарямил эмен вукӏана ингилис ва немец мацӏазул мугӏалим. Мацӏал лъазариялде жиндирго букӏараб рокьи гьес ясалъулъги лъуна. Гӏараб тӏехьалда хъвараб жо цӏидасан тетрадалда хъвазе тӏамулаан инсуца Марям. Коммунистазул заманалда гӏараб мацӏ лъазабизе жиндиего щвечӏеб рес ясалъе тӏалаб гьабуна гьес.\nСанкт-Петербургалъул Бакъбаккулгун гуманитарияб академиялъул филиал, Рамазан Гӏабдулатӏиповасул хӏаракаталдалъун, Каспийскиялдаги рагьун букӏана. Лъагӏалидасан академияги къан, цӏали гьоркьоб къотӏизабичӏого Египеталде ритӏизе бокьарал студентаз гӏарзаби хъва- зе кколаан. Къватӏисеб улкаялде унезул сияхӏалда гьоркьоб Марямица жиндирго цӏар хъвачӏо. Египеталде цӏализе ине кканиги, гӏемераб гӏарац къваригӏунаан. Анкьго лъимер хьихьизе ва цӏализабизе кколел эбел-инсудаса нечана гьей гӏараб мацӏ лъазабизе гӏоло къватӏисеб пачалихъалде йитӏейин гьаризе. Студентал Египеталде ритӏулел рукӏин лъарав инсуца ясалда лъазабуна, гӏарцул багьанаги батун, цӏали рехун тезе бегьуларин абун.\nКЪОТӏИЯЛДА РЕКЪАРАБ БАТИЧӏО\n1994 соналда Дагъистаналдаса студенталгун цадахъ Египеталде, Александриевский университеталде цӏализе ана Марям Гӏабдулкъадироваги. Студентазул городокги букӏине бугин, Москваялдаса стипендияги бачӏине бугин абун рагӏи кьун букӏана студентазе. Египеталде щвейгун кинабго гӏаксалда ккана. Александриевский университеталъул бакӏалда Каиралда бугеб Аль-Азгьар университеталде цӏидасан цӏализе ритӏана гьел. Гьенирги цин гӏараб мацӏ ва диниял кьучӏал лъазарулеб «Дираса хасса» абулеб, ай хасаб лъай кьеялъул байбихьул курсазда цӏализаруна лъабго соналъ. Къуръан лъазабуни, кӏиго соналдасан экзаменалги кьун хадусеб даражаялъул цӏалул идараялде къабул гьарулаан. Гьедин кӏиго соналъги цӏалун, Къуръанги лъазабун, «Хӏадурлъиялъул институталде» цӏализе лъугьана Марям. Гьениеги ячӏинахъего кӏиабилеб курсалде къабул гьаюна гьей. Институталда букӏуна ункъо курс. Лъабабилеб курсалдаго ункъабилеб курсалъул программаги дурус гьабун, институталдаги цӏали рагӏалде бахъинабуна гьелъ. Палхӏасил, къватӏисел улкабаздаса рачӏарал студентаз 6-7 соналда жаниб лъугӏизабизе кколеб школагун институт Марямица ункъо соналда жаниб рагӏалде бахъинабуна.\nХадуб Аль-Азгьар университеталъул «Усулуддин» факультеталде цӏализе лъугьана. Гьениб цӏали рагӏалде бахъинабун бажаричӏо, росасе ун ва лъимал гьарун хадуб цӏали захӏмалъиялъ. Тӏоцевесев вас гьавун хадубги гьей цӏализе хьвадулаан. Чанго километралъул манзилалъ лъелгоцин хьвадулаан цӏализе. Хадубги лъимал гьаридал, цӏализе захӏмалъиялъ кӏиго соналъги цӏалун тезе ккана. Лъабабилеб курсалда цӏали гьоркьоб къотӏизе тунин абун гьей университеталдаса нахъе рехун ятана. Гьелдаса хадуб тӏолабго гӏумру лъабавго васасе тарбия кьеялде буссинабуна Марямица. Тӏалаб гьабизе кколаан унтарай якьадалъулги.\nМарямгун цадахъ Египеталде ун рукӏарал студентал, байбихьул хасаб школаги лъугӏизабун, ватӏаналде тӏад руссана, цо-цоял гьенирго хутӏана. Цадахъ цӏалулел рукӏарал ватӏанцоялгун жакъа къоялдаги лъикӏаб бухьеналда йиго Марям. Инсуе кьураб рагӏиги кӏочене тун, цӏалиги рагӏалде бахъинабичӏого ватӏаналде тӏад юссине кӏвечӏо гьелда.\nЛЪИМАЛАЗУЛЪГИ КУЦАНА МАЦӏАЗДЕ РОКЬИ\nИнсул мурад тӏубазе къватӏие яхъарай яс гӏадада хвечӏин бицунеб буго Марямил инсул хӏакъалъулъ Патӏимат Гьитӏиновалъ «Бацӏцӏадго цӏунараб гӏаданлъи-вацлъи» абураб макъалаялдаги. Цӏализе лъугьаралдаса нахъе каникулазул заманалда ватӏаналде тӏадюссун ячӏунаан Марям. Иргадулаб нухалда росулъе ячӏарай ясалда эмен захӏматго унтун ватана.\nЦӏализе лъугьаралдаса кӏиабилеб сон букӏана байбихьун. Марямида лъалаан инсул захӏматаб унти букӏинги, гьес цебеккунго жиндиего зани хӏадур гьабун букӏинги. Унтун мунги тун, жий тӏад юссун инарин чӏаниги, инсуца гьей Египеталде нухарегӏана. Яс ун кӏиго анкьидасан хвана эменги. Марямида гьеб пашманаб хабар лъабго моцӏидасан гурони лъазе течӏо. Каникулалъул заманалда росулъе ячӏарай Марям, рокъоецин инчӏого, инсул хабаде щвезе ана. Гьелда рикӏкӏадасаго батӏабахъизе лъана, ахираб чанго соналда жаниб инсуца жинцаго тӏад гӏажамалъ хъвайхъвагӏай гьабун бекӏкӏараб зани.\nЖиндирго анищ тӏубазабулей ясалде цӏикӏкӏараб рокьиги божилъиги букӏунаан инсул. Цоцаздехун букӏараб адаб-хӏурматги гьез лъолаан цоцахъе хъвалел рукӏарал кагътазулъ. Жакъа къоялдаги Марямица гьел ясбер гӏадин цӏунун руго ва Дагъистаналде ячӏунелъулги, Египеталде тӏад юссунелъулги цадахъги росула гьел.\nГӏОЛЕБ ГЬЕЧӏО НИЛЪЕРГО ГЬАВА, ЦӏАД, ГӏАЗУ\nЦӏалулел соназда Марямица жиндирго къисмат бухьинабуна Каиралдаса Хӏосамилгун. Чияр ракьалда гӏумру гьабулей йигониги, Марям инсул анищалъе киданиги хилиплъичӏо. Гьелъул васазда лъала жидерго инсулаб гӏараб мацӏги, эбелалъ рокъоб жидедаго бицунел магӏарул (лъаратӏисезул), гӏурус мацӏалги, курсазде хьвадун лъазаруна ингилис ва паранг мацӏалги. Гӏемерал соназда цӏалун щвараб лъайги Марямица лъималазе тарбия кьеялъе хӏалтӏизабула. Кӏудияв вас Мухӏамад цӏалулев вуго Каиралда бугеб Германиялъул институталда фармацевтлъун. Гьитӏиназин абуни исана гьоркьохъеб школа лъугӏулеб буго.\n— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дица гӏемер рачана гьел магӏарухъе. «Кин югай, эбелай?» абун васал рачӏиндал, дир эбелалъул берал кунчӏулел куц,- ин разиго бицана Марямица.\n— Кӏудияв васас эркенго магӏарул мацӏ бицуна, гьитӏиназда бичӏчӏула, амма бицине намуслъун рукӏуна.\nШагьаразда чӏарал гӏагарлъиялъул лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъалел рагӏидал хӏикмалъизе бачӏуна. Эбел-инсудацин гьел магӏарул мацӏалда кӏалъалел гьечӏо. Дица гьезда абула гӏурус мацӏ гьадинги лъалин лъималазда, рахьдал мацӏалда кӏалъазе кколин нилъ лъималазда. Гьитӏинго малъизе бигьаго букӏуна гьезда мацӏал. Рокъобги нижеца гӏараб, магӏарул ва гӏурус мацӏал цадахъ жуба-гъубан бицуна. Дир васазда магӏарул мацӏги лъачӏони, дунго магӏарулайлъун рикӏкӏине захӏмат букӏина дие.\nГӏурус мацӏ малъизеги бащдаб лъагӏалица ДГУялда цӏалулев вукӏана кӏудияв вас. Россиялъулги Египеталъулги гражданствоги буго лъималазул, — ан бицана Марямица.\nДагъистаналъул маданияталъулги, гӏадатазулги, тӏабигӏаталъул тарихиял бакӏазулги хӏакъалъулъ бицине Египеталъул телевидениялдеги ахӏун йикӏана М. Гӏабдулкъадирова, гьениб гӏумру гьабулел магӏарул ясалгун цадахъ.\n«Дагъистаналда бугеб, Египеталда дуе гӏолареб жо щиб?» — ан гьикъидал, Марямил, ватӏаналде бугеб рокьуца гӏорцӏичӏел берал магӏица кунчӏизаруна.\n«Дирго хъизам-лъималазда аскӏой гӏумру гьабун йигониги, дунго гӏураб рукъалъухъ, гӏагарлъиялъухъ чӏалгӏун йикӏуна. Гӏоларого букӏуна магӏаруллъиялъул берцинлъи, тӏабигӏат, гьава, цӏад, гӏазу. Цӏад балеб мехалда дун кидаго рокъоса къватӏие яхъуна, магӏарухъ цӏад балеб мехалда гӏадаб махӏ чӏвазе гӏащикълъун йикӏуна. Васазеги цӏакъ бокьула магӏарухълъи. Дагъистаналде рачӏиндал, Махӏачхъалаялда сордо бан чӏезеги бокьуларо гьезие. Магӏарухълъиялъул тӏабигӏатги берцинлъиги бихьизе рес букӏун нилъ шагьаралда щай чӏолелин абула васаз. Гьитӏинаб мехалдаян абуни хӏикмалъун рукӏунаан гьел магӏарул тӏабигӏат бихьидал. «Нилъ кире щварал, эбел? Гьаб бакӏ суратищ, студияйищ?» — ан цӏехолаан гьез.\nКаиралдаги руго гӏемерал дагъистаниял. Церегоялдаса нахъе гьенир гӏумру гьабун ругезулгун гьудуллъиги буго нижер. Нилъер республи- каялдаса гӏадамаз, студентаз гӏумру гьабулеб цо авалги буго Каиралда. Гьениса аскӏоса унелъул, Дагъистаналде щварай гӏадин йикӏуна дун», — янги бицунаго, ватӏаналде бугеб урхъиялъул бицун гӏорцӏулей йикӏинчӏо Марям.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "10941-zamanal-tiasa-rishcharal-akhiud-rakh-inchiogo-rag-ul-e-aral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10941-zamanal-tiasa-rishcharal-akhiud-rakh-inchiogo-rag-ul-e-aral", "title": "Афгъаназул ахикь бакӏаб сихӏкъотӏи", "date": "2021-02-18 09:32:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 февралалда 32 сон тӏубана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Щибаб соналъго гӏадин, гьеб къоялъги Махӏачхъалаялда бугеб афгъаналъулазул ахикье ракӏарун рукӏана ветеранал. Амма исана гьениб официалияб къагӏидаялъ данделъи тӏобитӏичӏо. Хӏукуматалъул нухмалъиялъул рахъалдаса хӏакимзабиги гьенире рачӏинчӏо. Гӏицӏго рагъдаса нахъ руссинчӏел ракӏалде щвезариялъе бараб, цӏвайил сураталда хӏадур гьабураб мармаралъул къоно- ялда цере тӏугьдулги лъун, рикьа-риххана киналго. 1979 соналъул декабралдаса 1989 соналъул февралалде щвезегӏан нилъер республикаялдаса Афгъанистаналда букӏараб рагъулъ гӏахьаллъана 4000-гӏанасев чи. Гьел ккола советияб пачалихъалъул заманалда батӏи-батӏиял регионаздаса армиялде ахӏарал дагъистаниял. Официалияб куцалда нилъер республикаялдаса Афгъанистаналда хъулухъ гьабизе ккун вуго 3323 чи. Гьезул 141-яв нахъ вуссинчӏо. Гӏемерисел гьениса рачӏана лъукъа-къотӏун. Жакъа къоялъ гьезул чан чи чӏаго вугевали чӏванкъотӏун данде гьабураб баян гьечӏин бицана «Афгъанистаналда рагъулел рукӏаразул цолъи» абураб багъабачариялъул нухмалъулев Мухӏамад Хадулаевас. Гӏага-шагарго гьев ккола 2500-гӏанасев чи.\nРАГЪУЛ ЛЪАЛКӏ. АФГЪАНИСТАНАЛДА ТАРАБ ГӏОЛОХЪАНЛЪИЯЛДАСА РАКӏАЛДЕЩВЕЯЛ\n15 февралалда Афгъаназул ахикье рачӏун рукӏарал гьезул цоцоязулгун гара-чӏвари гьабуна дица. Гъуниб районалъул Кудалиса Мухӏамадшарипов Мухӏамаднабица гьадин ракӏалде щвезабуна Афгъанистаналде живго ккарал сонал.\n— Афгъанистаналда дун вукӏана 1984-1986 соназда. Хъулухъ гьабизе ккана бищунго хӏалуцарал рагъал унел рукӏарал бакӏазул цояб, Файзабад шагьаралде. Нижер аслияв тушман вукӏана Ахӏмад-шах Масуд гьесул сверухълъиги. Хадуб, 90-абилел соназул ахиралда, Афгъанистаналъул оборонаялъул министрлъун вукӏана гьев чанго соналъ. 2001 соналъул 9 сентябралда теракталъул хӏасилалда чӏвана.\n— Мун гьениве ккарал сонал рукӏун ратила Афгъанистаналда бищунго рагъул кор гьелегьун бугеб заман?\n— Хӏакъикъаталдаги гьедин букӏана гьеб. Гьел рукӏана СШАялъ Афгъаналъул моджахедал яргъил сурсаталдалъун хьезаризе байбихьарал сонал. Бищунго цере тӏурал рагъулал самолетал, цоялдаса цояб лъикӏаб ярагъ, гӏарац ва цогидабщиналъулги цӏад базабунин абизе бегьула гьезде Бакътӏерхьул улкаялъул макручагӏаз. Гьез кумек гьабун гурони, нижеде дандечӏей гьабизе гӏураб къуват моджахедазул букӏинчӏо.\nГьезул мискинал росабалъе (кишлаказде) хьвадун, гӏадатиял гӏадамазе агитация гьабулаан нижеца, ярагъ гӏодоб лъейин, питна бекьугейин абун. Руччабигун лъимал ва херал чагӏи, ниж рачӏунел рихьидал, данде рачӏунаан. Цо пуланаб къоялъги гьединабго насихӏаталъул калам гьабизеян цо кишлакалде щваралго, чӏирулеб хӏинчӏ рагӏулареб хӏалалъ сасун бугоан гьениб кинабго. Цо ункъо-щуго чи гурони вихьудаги вукӏинчӏо. Вахӏ, щибин ккараб, щай гьадин сихӏкъотӏун бугебин гьикъидал, моджахедал ругин росулъ рахчун, гьезукьа хӏинкъун чӏун ругин жалилан, щурун гӏадин абуна цо гьитӏинав васас. Гьеб мехалъ нижецаги кьвагьи лъеларищха…\nХӏукуматалъ гьабулеб тӏалаб-агъазалдасаги гьедигӏанго рази гьечӏоан Мухӏамаднаби. 2005 соналде щвезегӏан букӏараб сияхӏалда рекъон, иргаялда чӏаразе гурони рукъзал кьечӏин, хутӏарал ниж гьезул бербалагьиялда рекъон борцани, Афгъанистаналдаго рукӏинчӏеб къагӏида кколеб бугин абуна гьес.\nКАВКАЗАЛЪУЛ ВАСАЗДЕ БОЖИЛЪИ ЦӏИКӏКӏУН БУКӏАНА\nМухӏамаднабица дир лъай-хъвай гьабуна Гъизляралдаса Гӏабдурашидов Загьирбегилгунги. Кӏиялго гьел цого заманалда рукӏун руго Афгъанистаналда хъулухъ гьабулел. Кӏиябго соналда жаниб бихьараб гӏакъубаги, рагъул кьогӏлъиги ракӏалде щвезабизе бокьичӏо гьесие. Сордо рогьинегӏан бицаниги лъугӏун бахъунарин гьебилан абуна къокъго. Гьес гӏицӏго ракӏалде щвезабуна, тӏоцеве Афгъаналъул ракьалде щведал, жиндиего цӏакъ асар гьабураб ва ракӏалдаса унареб цо лъугьа-бахъин.\n— Кабулалде ниж щвараб тӏоцебесеб къоялъ аскӏове вачӏана хъахӏаб расалъул, къокъабго черхалъул цо гӏолохъанав лейтенант, гӏурусав. Нижер къокъаялда гьоркьоса, килищги битӏун, кӏиго чи жиндаго аскӏоре ахӏана гьес. Ниж кӏиялго рукӏана дагъистаниял. 150 чи вугеб кӏудияб къокъаялдаса, хас гьабун ниж тӏаса рищиялъе гӏиллаги бицана бачӏинахъего. Жиндир взводалъул ичӏго чи чӏванин, жиндие къваригӏун ругин къо хӏехьолел, бажари бугел гӏолохъабиян абуна гьес. Дагъистаналдаса гӏолохъаби жинда рихьанин, бокьараб ахӏвал-хӏалалде кканиги, бетӏербахъи гьабун бажарулел, сахал васал рукӏин. Гьелъ тӏаса рищанин жинца нужгийилан абуна дос нижеда, — ян бицана З. Гӏабдурашидовас.\nАфгъанистаналде советиял аскарал рачараб 1979 соналъул декабралда гьениве ккаразда гъорлъ вукӏана Гъуниб районалъул Сугъралъа Фатагӏалиев Гӏабдулаги. Гӏахьаллъи гьабуна доб мехалъ гьезул вукӏарав улкаялъул бетӏер Аминил кӏалгӏа бахъулеб рагъулъ.\nЧанго нухалъ лъукъана, мустахӏикълъана чанго батӏияб даражаялъул рагъулал шапакъатазе. Афгъанистаналдаса вуссана орден-медалазул керенги цӏун. Цӏакъ гӏадатияв, чӏухӏа-къули гьечӏев чи ватана Гӏабдула. Сабураб, гӏодобе биччараб каламалъ бицунеб букӏана 43 соналъ цере рукӏарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъги.\nАфгъанистаналда чӏварав тӏоцевесев дагъистанияв ккола, Къасумкенталдаса лезгияв, Гӏусманов Раюдин. Гьев къадаралде щвана 1980 соналъул 9 январалда. Афгъанистаналде советиял аскарал рачун ун букӏана кӏиго анкьгӏанасеб заман. 1979 соналъул 7 ноябралда ахӏун вукӏана гьев армиялде. Кӏиго моцӏидасан гӏадин ккана рагъулъе. Афгъаназул ахикье вачӏун вукӏана гьесул вацгӏал, Чехословакиялъул рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчи.\nАшахан ЮСУПОВ\nХадурагӏи\nДагьаб цебегӏан Хасавюрталда Афгъанистаналъул ветераназулгун букӏараб дандчӏваялда Сергей Меликовас рагӏи кьуна гьезие рукъзал кьеялъул суал роцӏинабизе. Исана ракӏалда буго кинавниги 195 Афгъаналъул бахӏарзазе квартираби кьезе. Гьеб буго афгъаналъулазул бищунго унтарабин абизе бегьулеб суал. Хӏукуматалъ жидер мурад тӏубаларого чанго нухалда митингалдеги рахъана гьел."}
{"slug": "10942-vaktsinayalda-sverukh-akhirisel-bayanal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10942-vaktsinayalda-sverukh-akhirisel-bayanal", "title": "Хӏунсулеб буго гӏадамазда «дару»", "date": "2021-02-18 09:35:05", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьале моцӏгӏанасеб заман ана гьеб тадбир нилъер республикаялдаги тӏобитӏулеб бугелдаса. Гьабсагӏаталда ковидалде данде прививка гьабун буго 5000-гӏан чияс. Гьабизе бокьарал гӏадамазул къадарги къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб бугин бицана журналистазе, 16 февралалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда Елена Арбулиевалъ. Гьей ккола ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул бетӏерай инфекционист. Вакцина гьабизе республикаялда рагьун буго 56 пункт. Е. Арбулиевалъ бицана прививкаби гьаризе гӏураб къадаралда препаратал ругин. Вакцина гьабизе рачӏунел гӏадамалги гӏемерлъун гурони дагьлъулел гьечӏин.\n— Аслияб къагӏидаялда вакцина гьабизе бокьаразда гьоркьор бищун гӏемер руго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамал. Вакцина гьабилалде цебе цин гьезул цӏа-канги борцуна анализазул халги гьабула. Цебе ковидалъ унтун вукӏун антителаби ратарал чагӏазе гьебги гьабуларо. Гьединго чакрил диабет, онкология ва гьезда релълъарал захӏматал унтаби ругел гӏадамазеги гьеб гьабизе гьечӏо, — ян бицана Е. Арбулиевалъ.\nКоронавирусалъул хӏакъалъулъ гӏадин гӏемер информациялъул алатаз сундулго бицун батиларо. Кинаб бокьаниги баян батизе бегьула социалиял гьиназдаги. Гьединлъидал, жинца тӏаде жубазе я тӏаса бахъизе жо гьениб гьечӏин абуна гьелъ.\nВакцинаялда хурхун гӏадамаз гӏемер батӏи-батӏияб хабар бицунеб буго. Гьедин бугеб мехалда нужер чӏванкъотӏараб пикру гӏадамазда рагӏизабуни лъикӏаб букӏинарищин абураб суалги кьуна гьениб министерствоялъул бетӏерай инфекционисталъе. Гӏадамазул пикраби рикьун ратани, гьеб лъикӏ бугин, щайгурелъул бахӏсалъул ахиралдалъидал хӏакъикъат батизе бигьаяб букӏунебин абуна гьелъ. Палхӏасил, коронаялъ унтизегӏан вакцина гьабиго тӏаса бищизе бугин гӏакълу бугев чиясин лъугӏизабуна гьелъ жиндирго пикру.\nЖурналистаз гьединго гьикъана вакцина гьаби тӏадаб борч гӏадин хӏалицаго гьабизабулеб тадбир бугищиланги. Гьечӏин, гьеб бугин щивав чияс жиндего бокьун гьабулеб ишилан бичӏчӏизабуна гьелъ журналистазда.\nГьединго пресс-конференциялда рукӏараз гьикъана, нагагь вакцина гьабизе разилъичӏев чиясе хадубккун республика бахун къватӏиве сапаралъ ине квалквал букӏине бугищиланги. Гьабсагӏат гьеб суалалда хурхун жинда лъалеб чӏванкъотӏараб баян гьечӏин, хадубккунги гьеб суал жидеца гьоркьоб лъезе бугин жаваб кьуна Елена Арбулиевалъ.\nРеспубликаялда гьабсагӏат гӏадамазда гьабулеб буго лъабго батӏияб вакцина. Гьезул бищун лъикӏаб кинаб бугебин гьикъидал, Арбулиевалъ абуна, кинабго бараб буго живго чиясдаги гьесул чорхол гӏуцӏиялдаги. Щибалъул вирусалде данде къеркьон бажарулеб даражаялъул, жиндирго хасаб къагӏидаги гьунарги бугин абураб магӏна бичӏчӏана гьелъул жавабалдаса. Гьединлъидал бокьараб вакцина тӏаса бищизе ихтияр буго.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "10943-mukhikanl-i-sharti-shchulal-i-murad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10943-mukhikanl-i-sharti-shchulal-i-murad", "title": "Мухӏканлъи — шартӏ, щулалъи — мурад", "date": "2021-02-18 09:43:12", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда ниж дандчӏвана «Гильдия строителей СКФО» ассоциациялъул президент, ДРялъул «Мустахӏикъав бакӏал ралев», РФялъул «Хӏурматияв бакӏал ралев», Болъихъ районалъул Шодрода росулъа Гӏали Шагӏбановгун. Гьесулгун букӏараб гара-чӏвариялда Гӏалица гьадин бицана «Гильдия строителей СКФО» ассоциациялъул хӏакъалъулъ:\n— Ралел бакӏазул комплексалда хӏалтӏулел юридикиял организацияз 2009 соналда гӏуцӏараб ассоциация ккола коммерциялъулаб гуреб (саморегулируемая организация) цолъи. Гьелъул аслияб хъулухъ буго ассоциациялъул киналго членазул хӏалтӏи законалъул тӏалабазда рекъон гӏуцӏи, цебетӏезаби ва гьезул ихтиярал цӏуни.\n— Кинал шартӏазда предпринимателал (застройщикал) ассоциациялде лъугьунел? Нужер мухъ- илъ гьечӏого хӏалтӏи гӏуцӏизе рес гьечӏищ гьезул?\n— Законалда рекъон киналго за-стройщиказда тӏадаблъун гьабун буго коммерциялъулаб гуреб цолъиялде гьоркьоре лъугьине, гурони гьезул ихтияр гьечӏо хӏалтӏи гьабизе. Гьоркьоре росилалде цӏунизе кколеб чанго тӏалабги буго. Масала, гьезул рукӏине ккола хӏалбихьи бугел специалистал, хӏажатаб техника. Объектал ралаго нагагьлъун гьезул гӏайибалдалъун гӏадамазе, мина-карталъе, тӏабигӏаталъе зарал ккани, гьеб бецӏизелъун гӏуцӏараб хасаб фондалде (компенсационный фонд) гьез кьезе ккола чӏезабураб къадар гӏарцулги. Республикаялда букӏана азаргоялдаса цӏикӏкӏун ралел бакӏазул организация. Гьанже гьезул хутӏун буго 700-гӏанасеб гӏуцӏи -генподрядчик. Ассоциациялда гьоркьоб буго 570-гӏанасеб.\n— Ассоциация гӏуцӏаралдаса гьабизе кӏвараб хӏалтӏи гӏемер бугищ?\n— Цо заманалда бокьарав чиясул ихтияр букӏана, предприятиялъул хъвай-хъвагӏайги гьабун, минаби разе. Гьанже гьединаб къагӏида гьечӏо ва гьелъул хӏасилалда гӏемерго лъикӏлъана ралел бакӏазул даража. Дагъистаналда гӏемер рукӏана ралелги ранго лъугӏуларелги объектал. Гьанже гьедин гьечӏо. Цере хӏалтӏухъаби ракӏарулаан бокьараб бакӏалдаса, гьезул хъвай-хъвагӏай гьабулароан, конверталда жанибги лъун харжги кьолаан. Гьеб суалалъулъги кӏвана гӏадлу гьабизе. Коронавирусалъул заманалдаги гьоркьоб къотӏизе течӏо ралел бакӏазул хӏалтӏи. Гьеб мехалдаги нижеда кӏвана Роспотребнодзоралъул киналго тӏалабал цӏунизе. ДРялъул хӏукуматалъул, Ралел бакӏазул министерствоялъул кумекалдалъун гурони нижедаги кӏвезе букӏинчӏо гьеб гьабизе. Хӏалтӏулъ камун гьечӏо гӏунгутӏабиги, гӏезегӏан ккана гъалатӏалги. Гьелъул бицине буго март моцӏалда тӏобитӏизе бугеб гӏаммаб собраниялдаги.\n— Архитектурияб рахъалъ кинаб къимат дуца кьолеб Махӏачхъалаялъе?\n— Кинабго буго беразда цебе. Тӏаде вачӏа-вачӏарав нухмалъулес гъоркь вукӏаравги какун, гъоркь вукӏарасул гъалатӏалги ритӏизаризе хӏаракат бахъичӏого, гӏемерал соназда жаниб нилъер тахшагьар ккана гьаб хӏалалде. Жалго лъикӏал лъугьун ралел бакӏазул компаниязда кӏоларо гьединал жал гьаризе, гьаб буго къанщун бералгун пачалихъалъул идарабаз гьезие изну кьеялъул хӏасил.\n— Нужерги батилагури гьелъулъ цо бутӏа?\n— Пуланаб ракьалда тӏад мина кин базе бугеб, гьеб балаго цӏунулел ругищ чӏезарурал нормаби — гьелъул жаваб нижеца кьоларо. Жаваб кье- зе тун руго цогидал идараби. Нижер хӏалтӏи буго жидер заманалда, гӏадамалги махсараде кквечӏого, букӏине кколеб даражаялда пуланаб бакӏ бай тӏалаб гьаби. Цӏияб закон къабул гьабун хадуб нижеца гьарурал халгьабиязул хӏасилалда ралел бакӏазул гӏемерал организациял къана. Гьелда рекъон хутӏана ран лъугӏичӏел минабиги.\n— Битӏараб бугищ Махӏачхъалаялда бугеб 600-гӏанасеб гӏемертӏалаяб мина, ай гӏадамаз жаниб гӏумру гьабулеб, амма законияб къагӏидаялда жеги къабул гьабичӏеб бугин аби. Батани, кинаб къисмат хадубккун гьезул букӏине бугеб?\n— Цо-цояз абула ралел бакӏазул комплекс «рагӏдукь» бугин абун. Гьедин кин букӏунеб, киназдаго цебе бугелъул гьабураб хӏалтӏи. Гьелъие изну кьеялдаса байбихьун, халгьабиялъул цӏакъго гӏемерал идарабазда кинабго лъалаго ва бихьулаго бана Махӏачхъалаялда, дуца абулеб хӏисабалъул, 400-гӏанасеб мина (тӏолабго Дагъистаналда 600-гӏанасеб). Лъиениги балъголъи гуро аслияб гӏилла ришватчилъи букӏинги.\n— Гьанже щибха гьезда гьабизе кколеб?\n— Гӏадамаз гӏарацги кьун буго, гьел гуккун руго. Гӏемерисел минаби ралел рукӏарал кодоре щолел гьечӏо. Мисалалъе, цо мина батула пуланай херай кӏодода ялъуни инвалидасда тӏад хъван. Гьединлъидал хӏукуматалъ хӏукму гьабуна гьединал минабазухъ мухӏканго халгьабизе кколин абун. Гьелъие биччана 250 млн. гъурущги. Москваялдаса ахӏана специалистазул хасаб къокъа. Гьез гьабуна кӏудияб хӏалтӏи ва гьабураб акталда рекъон, цо гӏемертӏалаяб мина тӏубанго биххизе кколеб буго, 200-гӏанасеб мина щула гьабизе кколеб буго, хутӏарал рикӏкӏана жаниб гӏумру гьабизе бегьулеллъун. Нилъер пачалихъалда хӏалтӏулел руго «Ветхое жилье», «Аварийное жилье» абурал программаби, къабул гьабуна «О комплексном развитии территорий» абураб закон. Гьелъ ихтияр кьола хӏажат гьечӏеб бакӏалда рарал, басриял минаби риххизе, цоги бакӏазда гьел разе. Амма гьеб гӏумруялде бахъинабиялъе къваригӏуна эркенаб ракь, гӏатӏилъи, гьенире гьаризе ккола нухал, бачине ккола газ.\n— Гӏемерал суалал рукӏуна гӏемертӏалаял минаби ралел ракьазда сверухъ -гьезулъ гьечӏеб юридикияб мухӏканлъиялъул, гьелда рекъон хадур раккулел масъалабазул (цӏунуларел нормативазул, мина-рукъалъул хъвайхъвагӏай гьабизе кӏунгутӏиялъул). Гьелда бан щиб абилеб?\n— Ракьалда сверухъ низам гьечӏолъиялъги хӏакимзабазул хъантӏи ялъги захӏмалъизабулеб буго кинабго иш. Пачалихъалъе ялъуни гӏадамазе къваригӏараб объект базе бюджеталъ биччалеб буго гӏарац, амма шагьаралда (росабалъ) гьечӏо гьелъие хӏажатаб ракь ва гӏарац тӏад буссинабизе кколеб буго. Социалиял объектал разе санагӏатаб ракь батаниги, лъугьунеб буго масъала. Пачалихъалъул гӏемерал, пайдаял программаби руго гьеб гӏиллаялдалъун чӏун хутӏун. Кинабго ракь буго бетӏергьабазда кодоб, щиб хӏалтӏи гьабизе кканиги, я гьез гьеб кьоларо, яги бичула цӏакъго хираго. Гьединлъидал буго ракьул гӏорхъаби лъазе кӏолеб гьечӏолъиги объектазул документал гьаризе рес гӏоларого букӏинги.\n— Цо-цояз абула Махӏачхъала «хвараб шагьар» бугин. Гьеб цӏи гьабизе, хисизабизе ресго гьечӏин абун. Гьедин абулезда рази вугищ мун?\n— Гьедин абулеб батила Махӏачхъала гьалде ккезабурал гӏадамаз. Гьанжелъизегӏан хвезабун батани, гьанжениги байбихьизе ккола гьеб цӏи гьабизе. Нилъ лъицаниги гьукъун гьечӏо хӏажат гьечӏел, нухал къварид гьарулел объектаздаса, басриял минабаздаса шагьар бацӏцӏад гьабизе, эркенлъараб ракь пайдаялъе хӏалтӏизабизе. Нилъеда цебе буго Москваялъул мисал, «Реновация» ва цогидал программабазда рекъон доба гьабураб хӏалтӏи. Хӏакъикъаталдаги Махӏачхъалаялда руго гӏемерал масъалаби. Гьаниб гӏумру гьабулеб буго шагьаралъул гӏуцӏиялъ хӏехьолелдаса кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун чияс. Нилъеда кинго кӏоларо коммуналиял хъулухъазул хӏалтӏи дагьаб заманалда жаниб тӏубанго хисизабизе. Амма Москваялда хӏалтӏулел программаби хӏалтӏизаризе кӏола гьанирги. «Комплексное развитие территории» абун буго нилъее санагӏатаб закон. Гьелда рекъон рес буго басриял минаби риххизеги, цӏиял авалазда гьел разеги. Гьел программаби гӏумруялде рахъинариялъе гӏарацги биччала пачалихъалъ. Къваригӏун буго гьеб хӏалтӏи байбихьизе.\n— Мина балесулги ва гьениб рукъ щвезе бокьарасулги киналго гьоркьорлъаби банкалдасан гьаризе тӏамулеб цӏияб къагӏидаялдаса рази вугищ мун? Гьелъул хӏасилалда цо-цояз толеб буго бакӏал раялъул хӏалтӏи, ралезулги хиралъулеб буго багьа….\n— Цебе хӏалтӏулеб букӏараб законалда рекъон, нилъер гьаниб букӏана гьадинаб къагӏида: базе бугеб (балеб бугеб) минаялда квартира щвезелъун дольщикас застройщикасухъе кьолаан гӏарац, кӏиясдаго гьоркьоб хъвараб къотӏи-къаялда рекъон застройщикасги, гьес кьурабги жидерго гӏарацги хӏалтӏизабун балаан мина. Нилъеда киназдаго бихьана ва лъала гьеб къагӏида берцинаб хӏалалда хӏалтӏичӏеблъи, гӏемерал застройщиказ гуккана гӏадамал, гьезие кьечӏо кьураб гӏарцуда рекъарал квартираби, лъугӏизаричӏого минабигун, нахъе кьечӏого гӏарацгун цо-цоял тӏуранго тӏагӏун чӏана. Гьеб ккана цохӏо нилъее гуребги тӏолабго Россиялъего гӏаммаб масъалалъун. Гьединлъидал хисизе ккана законги. Цӏияб законалда рекъон, застройщикасул ихтияр гьечӏо гӏадамазухъа гӏарац къабул гьабизе (цебесеб къагӏидаялда гӏарацги бакӏарун ралел рукӏарал минаби ран лъугӏизаризе изну буго), гьез гӏарац кьезе ккола застройщикас хасаб счет рагьараб банкалде (гьезул сияхӏги чӏезабун буго пачалихъалъ). Банкалъ квер хъваларо гьеб гӏарцуда, застройщикасе гьелъ кьола мина базе кредит, гьеб битӏун хӏалтӏизабиялда, мина базе бихьизабураб заман хвезабичӏого, гӏадамал гуккичӏого рукӏиналда хадуб халги ккола. Мина бан лъугӏидал, дуца кьураб гӏарцуда рекъон банкалъ дуе гьениб босула квартира. Нагагьлъун мина бачӏони ялъуни цоги гӏилла ккани, банкалъ нахъ буссинабула дур гӏарац. Гьединаб низам чӏезабун буго дольщик гуккичӏого вукӏиналъул мурадалда.\n— Мисалалъе, пуланав чияс 100 кв. метр гӏатӏилъиялъул квартира щвезелъун банкалда лъуна млн гъурущ. Мина бан лъугӏун хадуб, багьаби хиралъун яги цоги гӏиллабаздалъун гьеб гӏарцухъ щвезехъин буго 80 кв. метралъул квартира. Гьев къолев гьечӏищ?\n— Банкалъул хъулухъалъги, гьелъул проценталъги, материалал ва цогидаб хӏажатаб хиралъиялъги, хӏакъаб жо, мина-карт хиралъизабула (багьаби рахунел руго гӏага-шагарго 15- 20 проценталъ). Цо рахъалъ хӏисаб гьабуни, дольщикасул ракӏчӏей буго квартира щвеялда, гьев махсараде кквезехъин гьечӏо. Кӏиабилеб рахъ — хиралъизехъин буго. Гьединлъидал пачалихъалъ мухӏкан гьабулеб буго гьеб закон, ралагьулел руго гӏадатияв чи къечӏого вукӏиналъе ресал. Программаби руго гьесие кумек гьаби мурадалда, гӏарцул камулеб доб бутӏа субсидия хӏисабалда банкалъе кьеялъул (гьелъ тӏаса босула дольщикасул «гьир»), ипотека босарал дольщиказе гьелда тӏаде бачӏунеб процент дагь гьабуна ункъоялде щвезегӏан.\nДие бокьун буго гьадинаб жоги абизе. Чиясухъа учузго квартира щвезехъин бугин, абун гӏедегӏуге цере ккарал застройщиказухъе гӏарац кьезе. Балагьизе ккола застройщик Ралел бакӏазул министерствоялъ минаби разе ихтияр кьуразул реестралда, коммерциялъулаб гуреб гӏуцӏиялда (СРО) гьоркьов вугищали. Кӏвахӏаллъуге банкалде ине, гьелъулгун къотӏи-къай гьабизе, Росимуществоялда, БТИялда гьелъ- ул хъвай-хъвагӏай гьабизе. Бокьараб суал ккани, кӏалъазе бегьула нижехъеги Ралел бакӏазул министерствоялдеги.\nГӏ. ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "10952-karimula-giabdulaev-dandchivaze-rachiajin-akhiarab-giela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10952-karimula-giabdulaev-dandchivaze-rachiajin-akhiarab-giela", "title": "Каримула ГӏАБДУЛАЕВ: «Дандчӏвазе рачӏайин ахӏараб гӏела!»", "date": "2021-02-18 12:02:04", "categories": ["lit"], "text": "Маданияталда чороклъи гӏемерлъиялъ, ракӏ тӏаде цӏалеб жо дагьлъиялъ кечӏ-бакъаналдаса рикӏкӏалъаниги, цо-цо лъикӏал гьунар чагӏазулгун гара-чӏвари гьабизе бокьула мех-мехалъ.\nМагӏарул кечӏ-бакъан бокьулезда гӏемер лъикӏ лъалев композитор Каримула Гӏабдулаев вачӏун вукӏана гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ. Гӏемераб рецц-бакъ гьабиларо, цо кверзул килщазде рикӏкӏун лъугӏулел магӏарулазул композиторазул мухъилъ цебесеб кьерда вукӏана гьев кидаго. Каримула Гӏабдулаевасул бакъан репертуаралда гьечӏев кочӏохъан магӏарулазул ватиги щакаб буго. Жиндиего бокьун мустахӏикъаб хӏалхьиялде аниги, ирга бан бакъназда хадур кочӏохъаби жиндихъе хьвадулев Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи щиб ишалда, кинал пикрабазда гьанже вугев? Гьелъул бицина гьаниб гъоркьехун.\nБАЯН\nЖигарав искусствоялъул гьунарчи, 533 бакъан хъварав устар. Гьезда гьоркьоб анкьго симфония. Гӏурус мацӏалда хоралъ ахӏизе бахъараб 30 бакъан. Бакъназе рагӏаби хъвазеги буго гьесул гьунар. Гьединго Каримулаца хъван буго Гъизилюрт, Цӏумада ва цоги чанго магӏарул районазе гимнал. Гӏумруялъул 65 сон, тӏоцебесеб бакъан хъваралдаса 45 сон тӏубалеб буго исана.\nГьавуна Цӏумада районалъул Хуштада росулъ. Кечӏ-бакъаналъул нухде лъугьине пикру букӏинчӏо балугълъуда. 1974 соналъ школаги лъугӏун вачӏана Махӏачхъалаялде, Дагъпединституталъул физкультураялъул факультеталда цӏализе анищгун. Амма къисматалъ спорталдаса рикӏкӏаде вачана.\n— Школалда цӏалулаго спорталде вуссун вукӏунаан. Школа лъугӏидал пикру букӏана физкультураялъул факультеталде цӏализе лъугьине, амма конкурс кӏудияб батун кечӏ-бакъаналъул щибго бичӏчӏи гьечӏониги, гьебго цӏалул идараялъул музыкалияб факультеталде лъугьине хӏалбихьана,- ян бицана Каримулаца, бакъназул устарлъиялде тӏамураб тӏоцебесеб гали ракӏалде щвезабулаго.\n— Хунзахъ районалъул Хьиниса Къурахӏма абулев чияс малъана аргъаналда цо бакъан бачине, гьелъ хвасар гьавуна экзаменалда. Гьединги ворчӏулароан дун, Цӏумада районалдаса цохӏониги чи музыкалияб факультеталда цӏализе лъугьунев вукӏаравани. Аргъан бачине лъалев чицин вукӏинчӏо нижер районалда доб мехалъ. Цойги, гъоз дир ритмалъул халгьабуна, гьеб бичӏчӏулеб батана дида, ай дидаго лъачӏого батана бакъан хехго босизе гьунар. Кечӏ ахӏулев чи нижер гӏагарлъиялъул вукӏинчӏо, амма кӏудияв инсул вац вукӏана кутакав зурмихъан.\nИнституталда цӏалулелъул 7-8 сагӏаталъ дидаго тӏад хӏалтӏулаан. Тӏоцебесеб бакъан бижиялъеги ккана, гӏумруялъго ракӏалда чӏараб гӏилла. Цо курс лъугӏарабго лъикӏ аргъан хъвазе ругьунлъана дун. Шагьаралъул цо школалде унаан цӏалдохъабазул кьурдул ансамблялъе бакъан бачине. Рокьи ккана гьеб ансамблялда кьурдулей 9 классалъул цӏалдохъаналъухъ. Лъарагӏай йикӏана гьей, кутакалда берцинай. Цо къоялъ дандчӏвазе къотӏи-къай гьабуна. Дун кӏиго сагӏаталъ цевего ана гьеб бакӏалде, амма гьей ячӏинчӏо. Пашманлъун тӏадвуссунги вачӏун, фортепианоялда нахъа гӏодов чӏедал бачӏана бакъан. Расул Хӏамзатовасул «Санал унел руго, санаца дихъа, Бахъана гӏемераб, кьурабго гӏадин…» абурал рагӏабазда гьеб бакъан тӏоцебе ахӏана Ансалтӏаса Къурбан Мухӏамадовас.\nМун дандчӏваялде ячӏарайани дир бакъан лъугьинароанин абуна дицаги дой ясалда хадусеб къоялъ. Хадусел соназ, хъизангун унаго, шагьаралда дандчӏвана нижеда гьей яс. Дица гьелъулги лъадулги лъай-хъвай гьабуна. Дир лъадуе бокьун, гьелъул цӏарги лъуна нижеца тӏоцее гьаюрай ясалда.\n— «Дие гьал рагӏабазда бакъан хъвайилан» вачӏанщинав кочӏохъанасул мурад тӏубазабулищ дуца?\n— Гӏодов чӏаралъув бокьараб бакъан хъвазе масъала гьечӏо дир. Лъикӏал рагӏабаз асар гьабула, гьезие бакъанги бигьаго бачӏуна. Асар гьабичӏони бакъан лъугьунаро. Гӏемерисезул заказ букӏуна бертабалъ ахӏизе кьурдул бакъназе.\n— Духъе бакъан босизе вачӏинчӏев кочӏохъан хутӏун ватиларо. Гьез тохал кучӏдул, цӏекӏал рагӏаби ра чӏани, гьел ахӏугеян абулищ дуца?\n— Абула. Гьезие тарбия кьолеб хӏисаб букӏуна дир. Амма гӏемераз жидеего данде ккараб гурони ахӏилищха.\n— Жал рихьизе къабулал гурел, гӏенеккизе ракӏ цӏаларел ахӏдохъаби гӏемерлъун руго гьанже. Гьединазда щиб абулеб дуца?\n— Кошмар буго, каша буго! Дагьамакъал хисизарун турказул, Индиялъул бакънал ахӏулел руго Дагъи- станалъул 90 процент кочӏохъабаз. Гӏемер малъула, абула. Амма дица абунин абун гьел хисилищ? Берталъ ахӏизе щиб букӏаниги щибилан абулеб буго. Сценаялданиги магӏна бугеб кечӏ ахӏеян малъула. Жидеего чед-хинкӏалъе гӏоло къватӏире рахъарал чагӏи руго гьел. Рагӏуе, ишалъе эркенлъи бугеб заман буго, гьеб буго квеш ккараб жо.\n— Рагӏуе эркенлъи бугин абун сценаги бертинги батӏабахъизе лъаларел кочӏохъаби бокьухъе рукӏаян риччанищха тезе кколел?\n— Культураялъул министерствоялъ хал кквезе ккола гьезда хадуб. Чӏужугӏадан хӏакъирго йихьулел ва цоги цӏекӏал, тӏадагьаб магӏнаялъул рагӏабазе дица бакъан хъваларо. Гьеб рахъалде дица цӏакъ кӏвар кьола. Гьаракь гьечӏездаги абула, нужеда гӏадамал релъулин, цере рахъунгеян. Рес букӏаго, фонограммаялда кечӏ ахӏун гӏадамал гуккугеянги абула.\n— Кьураб гӏакълу босулев чиго кколищ?\n— Ккола. Босарал мекъи ккечӏо. Гьел лъикӏаб къадру-къиматалдаги руго. Банкет-компанияз хвезаруна лъикӏаб гьунаралъул гӏемерал кочӏохъаби.\n— Къасисел ашбазазда кучӏдул ахӏулел руччабазда щиб абулеб дуца?\n— Цо дир гьалмагъ вачӏана, гьакълил сверулъ мехтун гьезул цо-цоязул пасатлъи бихьун, кочӏохъабаздаса ракӏ буссун. Магӏарул чӏужугӏаданалъе бегьизего бегьулареб хӏал букӏунеб буго цо-цо ашбазазда. Гьел ресторан-баразде Аллагьасго тӏаса гъоркье ганчӏал рачӏого киндай хутӏун ругелин ккола. Дуца рекъечӏеб пиша гьабулеб бугин абуни, хеч гӏадаб хъачӏаб рагӏи кьвагьула данде. Гьединазда рагӏи абун нилъерго гьумер щайха бухӏизабун. Кӏал квешав чи гӏарац кьунги рикӏкӏада чӏезавеян аби буго. Дие гьеб щайхаян толеб буго киназго. Анцӏила микьго соналъ хӏалтӏана дун Гъизилюрталда маданияталъул идараялъул нухмалъулевлъун. Гьел киналго сонал гӏадамазе тарбия кьолаго ана. Рацӏцӏалъи, гӏадатгӏамал цӏуниялде ахӏулаан. Чачаназ ахӏула дун телевидениялде мехмехалъ, композитор хӏисабалда. Гьезул маданияталда гьечӏо нилъер гьаниб гӏадаб хӏабургъараб хӏал. Рацӏцӏалъиги буго цӏунун сверухъ кибго. Долги бусурбаби руго, нилъги бусурбаби руго — щай бегьулареб нилъерго хӏурматги гьабун лъикӏабщинаб гьабизе, нилъерго хаслъи, рацӏцӏалъи цӏунизе? Гьелда гӏажаиблъула дун.\n— Тӏадехун бицен гьабурал руччаби, гьаракьго гьечӏел гӏолилал рахъуна республикаялъул, райо- назул культураялъул идарабазул сценаялдеги. Гьез ахӏулеб магӏна гьечӏеб кечӏ гьукъизе кинабниги къагӏидаго букӏунарищ?\n— Дагъистаналъул Культурая лъул министерствоялъ кверщаликье босичӏони, сценаялда ахӏулелъул гӏадлу лъугьунаро. Концерт тӏоби тӏулеб залалъул жавабияз тӏалаб гьабеян абе репертуар щиб бугебали, кинаб магӏна-гӏиналъул кучӏдулгун кочӏохъаби цере рахъунелали. Кон- церт кьелалде цебе гьезул щиб репертуар бугебали хал гьабулаан советияб заманалда. Дицаги гьедин гьабулаан Гъизилюрталда хӏалтӏулел соназ.\n— Пенсиялда вугелъул щиб ишалде машгъуллъун вукӏунев?\n— Эркенаб заманалда дирго гӏумруялъул тӏехь хъвалеб буго. Бертабалъе уна дирго оркестргун, тамадалъи гьабула.\n— Бертабалъ хӏалтӏун гӏарац гӏемер босулищ? Кочӏохъабаз 30- 50 азаргоги босулин абула.\n— Гӏадатияй кочӏохъаналъ цо сагӏаталъухъ босулелдаса, тӏубан бертин нухда бачун кӏиго нухалъ дагь босула. Ресукъав чиясул мурад тӏубан чӏобогоги гьабула.\n— Бищунго къиматал кинал асарал ругел дур бакъназул гъансинир?\n— Дагъистан чӏухӏарал миллатцоязул хӏурматалда рахъарал, магӏарулазул цересел, гьунар камилал кочӏохъабазе хъварал бакънал руго. Гьединал бакънал кьеян рачӏунел, гьединал кучӏдул ахӏулел кочӏохъаби гьанже гьечӏо. Гьелъ ракӏ унтизабула. Микьго симфония буго хъван хӏадурараб. Гьезулъ руго Мухӏамад Тӏолбоевасе хъвараб, «Магӏарухъе сапар», нижерго цӏумадисезул ракьалъе, магӏарул кьалбал ругев гӏолохъанав туркасул пашманлъи, умумузул ракь бихьизе бугеб гьесул чӏалгӏен, гӏищкъу загьир гьабураб. Гьел къватӏире рахъизе ккани, къваригӏуна симфониялъул оркестр, цо-кӏиго инструменталъ бачун гъварилъи, бечелъи рагьуларо.\n— Цо заманалдаса магӏарул бакънал лъугӏун ине ругин рикӏкӏунеб буго дуцаго. Гьел хвасар гьариялъе сабаблъун щиб дуда бихьулеб?\n— Бокьилаан композиторазги кочӏохъабазги магӏарул хаслъи цӏунизе, магӏна бугеб репертуар гӏуцӏизе. «Рачӏа къаси къвал базе, дандчӏвазе» абун ахӏичӏого, гӏадамал кантӏулел, квешаб тун, лъикӏалде цӏалел кучӏдул ахӏизе, гьезухъ гӏенеккизе цӏияб гӏел ругьун гьабизе. Пасалъи гьечӏищ къасисел рестораназда, саунабазда, гьеле гьединабщиналъ буго нилъее зодисан рахӏмат дагьлъун, ракъдаллъи цӏикӏкӏун. Гӏазу-цӏад балеб гьечӏони, гьекъезецин лъим мукъсанлъула, гьелда тӏад ургъулел гьечӏо. Гӏорал-лъарал махӏцинарун руго чороклъиялъ, Аллагьасул ццим бахъинарищ нилъеда?!\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "10954-khiasan-gitiinov-surat-bukiine-kkola-kial-aleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=10954-khiasan-gitiinov-surat-bukiine-kkola-kial-aleb", "title": "Хӏасан Гьитӏинов: «Сурат букӏине ккола кӏалъалеб»", "date": "2021-02-18 12:20:39", "categories": ["lit"], "text": "«Художник Хӏасан», «Хӏотодаса Хӏасан» абун, киназдаго лъалев, киназго адаб-хӏурмат гьабулев, росабалъа райцентралде рачӏарал чагӏазул гьари тӏубазабулев чи вукӏана Гьитӏинов Хӏасан Хӏебда хӏалтӏулеб мехалдаго. Гьес хъварал лозунгаз, плакатаз, рахъарал суратаз анцӏ-анцӏ соназ берцин гьарун рукӏунаан райцентралда тӏоритӏулел байрамалъулал тадбирал. Шамил районалъул Хӏотода росулъа Хӏасаница лъугӏизабуна Дагъистаналъул художествияб училище. Гьабсагӏаталда гӏумру гьабун вуго Махӏачхъалаялда. Жакъа художникас гьарулел хӏалтӏабазул ва дандчӏвалел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицун, гьесулгун нижер гьадинаб гара-чӏвари ккана:\n— Хӏасан, ахирал соназда дур гьунаралъул тема сунде буссараб бугеб? Кинал ругел хӏалтӏул хӏасилал?\n— Цо чӏараб темаялда тӏад хӏалтӏуларо дун. Сураталги къанагӏат рахъула гьанже. Аслияб куцалъ вуссун вуго художествияб къагӏидаялъ мажгитал къачӏаялде. Жанисанги къватӏисанги берцинаб хатӏалъ, накъишаз къачӏала мажгитал, михӏмарал, гьарула мажгитазда жанир ралел люстраби.\n— Махщалил нух киб ва сундасан байбихьараб?\n— Гӏезегӏанго соназ хӏалтӏана Хӏебда букӏараб, ДРялъул Культураялъул министерствоялъул тӏалаб гьабулеб, художествияб мастерскаялъул нухмалъулевлъун. Дир нухмалъиялда гъоркь вукӏана лъабго художник. Аслияб куцалда нижеца гьарулаан райцентр берцинго къачӏаялъулал хӏалтӏаби, доб мехалъ гьелда «берзулаб агитацияйин» абулаан. Гьелдаса эркенаб заманалда рахъулаан суратал. Дол соназда дица портрет бахъичӏев цониги министр хутӏун ватиларо Дагъистаналда. Районалде вачӏарав ДРялъул бетӏер Мухӏамадгӏали Мухӏамадовасе сайгъат гьабуна дица бахъараб гьесул портрет. Гъуниб районалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏабдухӏалим Мачаевасул заказалда рекъон, дица бахъана гьеб районалъул росабазул лъеберго сурат. Дун кидаго хӏалтӏана «Дица бахъараб сурат кӏалъазе ккола» абураб масъалаги цебе лъун.\n— Кинал жанразда мун хӏалтӏулев?\n— Дица лъугӏизабуна художествияб училищеялъул «мастер-ювелир» абулеб отделение. Къокъго абуни, художествиял махщелазул дица гьабулареб жо ккола цохӏо гӏарац-меседалъул хӏалтӏи. Цӏияб Гӏурада школалда цебе буго дица гьабураб Суракъат Асиятиловасул бюст. Хӏебда паркалда — Ватӏаналъул рагъда хварал бахӏарзазе гьабураб памятник-стелла ва гӏагараб районалда Шамил имамасул цӏар лъолеб мехалде гьабураб имамасул барельеф. Дун хӏалтӏула киналго жанразда, амма гьездасан аслиял ккола живопись, гъваридаб магӏнаялъул кӏудиял (монументалиял) ва дизайнерлъиялъулал хӏалтӏаби.\n— Мун гӏахьаллъулищ выставкабазда?\n— Пейзажалги портреталги лъун, республикаялда тӏоритӏулел выставкабазда гӏахьаллъулаан цеве. Цо нухалъ гӏахьаллъана Ставрополалда тӏобитӏараб Россиялъул выставкаялда. Гьездаса дие цо кӏудияб пайдаго щвечӏо, цӏарал-шапакъатазда хадувги дун лъугьинчӏо. Цо гьединаб выставкаялда «Берцинай магӏарулай» абулеб дир портреталъе экспертазги балагьаразги лъикӏаб къимат кьуна, гьеб сурат каталогалда бищун цебеги лъун букӏана.\n— Тӏоцебе дуца кида сурат бахъараб, сундул хӏакъалъулъ гьеб букӏараб?\n— Школалда цӏалулеб мехалъ дир гӏагарав чи Гӏалилас рахъулел суратал берцин рихьун, дир ракӏ цӏана гьеб ишалде. Художниклъиялде тӏамурал дир тӏоцересел галабилъун рикӏкӏине бегьула 4-5 классазда цӏалулев дица фотографиялъухъ балагьун къалмица рахъарал суратал. Хадур школалъе хӏажатал суратал рахъулаан. Гьелъул дие цо баракатги ккана. Гӏурус мацӏалъе дун лъикӏав вукӏинчӏо, камулароан кӏийилалги. Дица бахъараб Ленинил портрет бихьидал, нижер гӏурус мацӏалъул мугӏалим гӏажаиблъун вуго. Гьелдаса хадуб гьес дие цониги кӏийилги лъечӏо.\n— Художниклъи гуреб, эркенаб заманалда гьабизе бокьулеб хӏалтӏи бугищ дуе?\n— Эркенаб заман дир киданиги букӏинчӏо ва букӏунаро. Дир руго гӏемерал заказал. Дие цӏакъ бокьула суратал рахъизе, хасго пейзажал, портретал. Бокьула искусствоялда хурхараб кинабго хӏалтӏи, хасго бетӏерги квералги рекъон гьаризе кколел ишал: къед бала, дун рикӏкӏуна лъикӏав цӏулал устарлъун. Гӏолохъанаб мехалда чанаве хьвади- зе бокьулаан, тӏабигӏаталде гӏемер унаан.\n— Чан мажгит дуца къачӏараб? Дур гьел хӏалтӏабазе халкъалъ кинаб къимат кьолеб?\n— Тӏоцебе дица къачӏана гӏагараб Хӏотода росдал мажгит ва гьениб базе гьабуна берцинаб люстра. Гьединго дица къачӏана Махӏачхъалаялъул Гӏахъущиясул къотӏноб бугеб кӏудияб мажгит. Дагъистаналда гӏезегӏанго мажгитал къватӏисаги жанисаги къачӏана дица, гьаруна гьенир разе люстраби. Гьабсагӏаталда къачӏан бахъунеб буго Редукторный поселокалъул горсвериялда бугеб кӏудияб мажгит. Дир эскизазда рекъон, васаз къачӏана мажгитал. Цоги художниказ гӏадин, трафаретаздалъун яги суратал седон гуреб, дица мажгитал къачӏала квералъ суратал ва накъишал рахъун. Гьелъги батила, халкъалъ дир хӏалтӏабазе кидаго лъикӏаб къимат кьола.\n— Суратал рахъиги дагь гьабун, мажгитал къачӏаялде лъугьиналъе щиб гӏилла ккараб?\n— СССРалъул заманалда художниказухъа суратал библиотекабазе, клубазе, батӏи-батӏиял идарабазе, гьединго коллекциязда лъезе росулаан. Кигӏан лъикӏал ругониги, жакъа художниказул суратал росулел гьечӏо. Нижер суратазул къимат хвезабуна чӏахӏиял принтеразда рахъарал ва Китаялдаса рачӏарал ширпотребалъул канчӏал кьеразул суратаз. Квеш ккараб жо буго, жагьилал чагӏи гӏемерлъун рукӏин, гьезда я искусство, я художникасул суратал ричӏчӏуларо. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Хӏатталдаса ун бечедав чиясул буго цӏакъ чӏухӏараб мина. Дица гьесда гьикъана: «Дур рукъзабахъ художникасул цониги сурат щай гьечӏеб? Месед-гӏарцулго гӏадин, суратги ккола заман анагӏан багьа цӏикӏкӏунеб бечелъи», — ян. «Лъикӏаб сурат бахъун бажарулел художникал ратиларо нилъер», — абун къокъ гьабуна гьес хабар. Дица гьев вачана суратазул выставкаялде. «Чӏорого кьуниги, гьал суратал дица, дир минаялъул нуцӏихъа жанире риччаларо», — ян абуна гьес.\n— Нужер хъизамалда вукӏанищ, вугищ суратал рахъизе махщел бугев чи?\n— Нилъер умумузул суратазде регӏараб хӏал букӏинчӏелъулха. Мунагьал чураяв эмен вукӏана кверзул махщел бугев, жиндир заманалда цӏар рагӏарав хьитазул устар. Педуниверситеталъул худграф лъугӏарав вац Ибрагьимги ккола машгьурав скульптор. Цӏаларал гьечӏониги дир кӏиго васги ругьунлъана художникал-оформителазул ишалъе.\n— Суратал рахъиялдаги мажгитал-минаби къачӏалда гьабулеб хӏалтӏудаги гьоркьоб батӏалъи бугищ?\n— Чуялдаги хӏамидаги гьоркьобгӏан кӏудияб батӏалъи буго. Мажгитал къачӏаялда хӏалтӏизарулел краскаби рукӏуна зодил кьерал, ай ракӏалъе къабулал, мина-рукъалъул интерьер къачӏалаго, кьерал мебелалъул кьералда рекъезаризе, гьайгьай, хважаинасул гогьлъи, ай гьесул тӏалабалги хӏисабалде росизе ккола. Цоги, сурат бахъула мольберталда нахъаги эхетун. Мажгит, мина къачӏай гьелдаса гӏемерго захӏматаб буго. Хӏалтӏи байбихьилалде ботӏрода жаниб бахъ- ун букӏине ккола къачӏаялъул сурат, хӏадуризе ккола проект, смета. Гьединго, чӏалидаги эхетун, тӏубараб къоялъ, бетӏерги эхеде битӏун, хӏалтӏизе ккола.\n— Художниклъи гуреб, цоги батӏияб хӏалтӏи гьабизе бокьилаанин кколищ дуда?\n— Киве кканиги, дирго махщалил баракат-кумек камичӏо дие. Гьелдалъун бигьалъи букӏана цӏалулагоги, армиялда хъулухъ гьабулагоги. Макьабиги дир суратал рахъулел рукӏуна. Гьереси щай, сурат бахъизе бокьун, цо-цо мехалъ дир кверал рукарула.\n— Лъималаздаса рази вугищ?\n— Аллагьас дие кьуна дун разияв ункъо вас. Гьел руго гӏодобе биччараб гӏамал-хасияталъул, кверзул махщел бугел чагӏи.\n— Цогидазда дандеккун, художникасда гӏумруялъул гӏолелги гӏоларелги рахъал цӏикӏкӏун рихьула. Жакъа нилъер гӏумруялъе кинаб къимат дуца кьолеб?\n— Бечелъиялда хадур лъугьиналъ гӏадамазул гӏамал-хасият квешаб рахъалдехун хисун буго. Гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъи буго квеш ккараб жо. Гӏолилалги лъугьунел руго хӏалтӏизе бокьулареллъун. Цебе гӏадин гӏагарлъиялда, гьудул-гьалмагълъиялда гьоркьоб гьуинлъи, гьудуллъи дагьлъун буго. Жидерго чунтби цӏезарулаго, тӏалъиги гӏадатияб халкъалде регӏун гьечӏо. СССРалъул заманалда вакъарав чи вукӏинчӏо, ритӏухълъиги гӏарз гьабун ине бакӏги букӏана.\nН. НУРИЕВ"}
{"slug": "11040-matsial-rizhula-tseretiola-untula-khola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11040-matsial-rizhula-tseretiola-untula-khola", "title": "«Мацӏал рижула, церетӏола, унтула, хола»", "date": "2021-02-25 10:08:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рахьдал мацӏазул къо кӏодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги. Гьениб гӏолилаз бихьизабуна жиде-жидер миллатазул хаслъи. Гьелъие гӏоло гьез тӏибитӏун букӏана умумузул кванил тепси, ахӏана миллиял кучӏдул, гьаруна кьурдаби.\nМагӏарул студентазул горсверуда хасаб чӏаголъи лъугьинабун букӏана гьеб киналдаго цадахъ жеги диалектазда кучӏдул ахӏиялъги.\nГьедин данделъарал пана гьаруна Цӏоралъул магӏарулазул, сугъулдерил, бежтӏадерил, цӏунтӏадерил, гӏахьвалазул мацӏазда ахӏарал сариназ.\nСтудентаз бихьизабуна бахӏарай лъадае ячунеб гӏадатги.\nГьезда рахьдал мацӏазул къо баркизе вачӏун вукӏана филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевги. Гьес бицана ахирал соназда жидехъе цӏализе магӏарухъа гӏолилал гӏемер рачӏунел гьечӏин. Цогидал миллатал дагь ругонигицин жидее гьедигӏан ургъел кколароанин. Амма гьанже магӏарул студентал дагьлъиялъ жал пашманлъизарунин абуна деканас.\n«Мацӏалги, гӏадамалго гӏадин, рижула, церетӏола, унтула, хола. Дунялалда бугеб анкьазарго мацӏалъул кӏиазарго мацӏ хутӏизе рес буго нусго соналдасан. Щиб лъалеб, нилъер мацӏалги ккезе бегьула гьезда гьоркьоре. Нилъеда чӏезабизе кӏоларо гьеб. Гьедин тӏагӏана дунялалдаса латинги, санскритги (индиязул), греказул мацӏалги. Цо заманалда ивритги букӏана дунялалдаса тӏагӏун. Амма жугьутӏаз гьеб цӏилъизабуна», — ян бицана Ш. Мазанаевас.\nГьединго нилъецаги сах гьаризеги цӏунизеги кколин нилъерго мацӏалин тӏаде жубана деканас.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11041-zhak-a-shagaralde-kh-van-bana-giazu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11041-zhak-a-shagaralde-kh-van-bana-giazu", "title": "Жакъа шагьаралде хъван бана гӏазу", "date": "2021-02-25 10:14:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 февраль квачараб бачӏана республикаялде. Радалго базе лъугьана гӏазу. Хъат-хъат гӏадал гӏазул хӏулабаз гьабугьин бахчана сверухълъи, шагьранухазда къана цӏер. Гӏодобкъо букӏиналъги батила, масала, тахшагьаралъул къватӏахъ гьедигӏанго гӏемер гӏадамалги машинабиги рукӏинчӏо, амма бугониги… Бугониги, гӏураб квекӏен гьабуна гьава-бакъалъ гӏадамазе.\nКаспийскиялдагун Махӏачхъалаялда гьоркьоб бугеб цӏияб шагьранухда къараб цӏер сабаблъун, чанго машина цоцалъ речӏчӏана. Хушеталде сверулеб бакӏалда, кьода цебе ккана цоги авария. Цоцада хадуб лъугьараб халатаб читӏир сабаблъун, гӏужда машина лъалхъизабун бажаричӏого, гьоркьоб заман индал, данд тункана жеги чанго автомобильги.\nБуйнакскиялдагун Махӏачхъалаялда гьоркьоб бугеб габурлъи накӏкӏуца бацун бугин, цӏодорлъи гьабейин хъвалеб бугоан социалиял гьиназдаги. Гьурал сабаблъун машинаялде тӏаде гъветӏ бегараб хӏужа ккана Махӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалда.\nГьурал рахъун, мугӏрузда ва гӏодоблъиялда ругел чанго районалда ток свана. Канлъи къотӏана Махӏачхъалаялда аскӏорго ругел поселоказдеги. Мисалалъе, Караманалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул гӏарз буго гьадинги чанго къоялъ токги свинабун рукӏарал жидее, 23 февралалда газги къотӏизабунилан.\nГазалъул хъулухъалъ гьелъие гӏилла баян гьабуна: «Чапаев» абураб, газ бикьа-къотӏулеб станциялда реконструкция гьабулеб букӏиналда бан, къотӏизабунила жидеца гьеб, хадубккун газалъул тӏадецуй цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда.\nцӏикӏкӏинабиялъул мурадалда. «Ремонталъул хӏалтӏаби гьаризе батун бугеб заман. Гӏадатияб къагӏидаялъ гьединал хӏалтӏаби цере гьарулаан хасел тӏаде щвелалде. Бищун квачараб гӏужалъ кин бегьулел гӏадамал хинлъи гьечӏого тезе? Курткабиги ретӏун руго ниж рокъор. Лъимал хинлъи чӏезабизе кӏвелародайин абун доре-гьанире рекерахъдулел руго», — ян жиндирго рази гьечӏолъи загьир гьабуна Караманалда гӏумру гьабун вугев Гӏалиев Мухӏамадица. Караманалда гӏумру гьабун ругез абула жал ругила салул авлахъалде бахъун рехараб хьит гӏадин, киназдаго кӏочон тарал чагӏи. Бакӏалъухъ балагьун гьел унел уго Хъумторхъала районалде гъорлъе, амма административияб низамалда рекъон, гьел кколел руго Махӏачхъалаялъул администрациялъул къайимлъиялде.\n23 февралалде гьава-бакъалъул хиса-басияздаса хадуб 168 000 чи хутӏана канлъиги гьечӏого.\nГьелда бан хехаб куцалда «Дагъэнергоялъ» хӏалтӏуде вахъинавуна жидерго 151 чиги, 52 техникаги. Гьедин 23 февралалъул сагӏат лъабгоялдехун гьез лъазабуна ток гьечӏого хутӏун рукӏарал гӏадамазул гӏемерисезул (70 процент) рокъобе канлъи кьунилан.\n24 февралалде нухазда ахӏвалхӏал жеги хӏалуцанин абизе бегьула. Шагьранухазда чӏвараб цӏер битӏахъе чини гӏадин кенчӏолеб букӏана цо-цо бакӏазда. Радал хӏалтӏуде унел гӏадамазе кӏудияб квалквалги ккана. Рес бугев чияс машина къватӏибе бачинчӏого тана. Амма жамгӏияб транспорталъул рахъалъ гӏураб хӏалкъайги букӏана.\nГъизилюрталдаса Чӏикӏабе унеб шагьранухги заманаялъ къан бугин хъвалеб буго информациялъулал алатазда.\nГьеб киналдаго гьоркьоб таксиялъул бетӏергьабаз щвараб ресалдаса пайда босичӏогоги течӏо. Цебесеб къоялъ цо рахъалдехун рекӏаралъухъ босулеб букӏараб, масала, 160 гъурщил бакӏалда, гьанже 380 гъурущ тӏалаб гьабулеб буго\nЧаракъосараб хӏалалде ккарал хвасар гьарулеб хъулухъалъул идараби, 23 февралалдаса нахъе хӏалтӏулел руго цӏакъго кьварараб низамалда. «Россети Северный Кавказ» гӏуцӏиялъул гьариялда рекъон, нилъее кумекалъе жидерго хӏалтӏухъаби республикаялде рачӏана «Чеченэнерго» АОялъги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "11042-makhimudil-lirikagi-khiamzatil-darsalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11042-makhimudil-lirikagi-khiamzatil-darsalgi", "title": "Махӏмудил лирикаги Хӏамзатил дарсалги", "date": "2021-02-25 10:16:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда Авар театралда тӏобитӏана «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччарал авар адабияталъул классикал Хъахӏабросулъа Махӏмудил ва Цӏадаса Хӏамзатил тӏахьазул церелъей. Дандеруссин нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас. Гьес ракӏалде щвезабуна классиказул творчество ва бицана «Дагъистан» басмаханаялъ Дагъистаналъул адабияталъул классиказул тӏахьал цӏидасанги къватӏире риччаялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул.\nГьенир кӏалъазе рахъана ва шагӏирзаби ракӏалде щвезаруна «Дагъистан» басмаханаялъул директор Гӏумаргӏусман Хӏажиевас, Россиялъул Журналистазул союзалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул председатель Гӏали Камаловас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.\nТеатралъул артистаз рикӏкӏана, ахӏана Махӏмудил ва Хӏамзатил кучӏдул. Актераз рихьизаруна «Махӏмуд ва Муи» ва Хӏамзатил пьесабаздаса бутӏаби\nМагӏарулазе цоги нухалда рес щвана Махӏмудил лирикаялъухъги Цӏ. Хӏамзатил гӏумруялъул дарсазухъги гӏенеккизе.\nГьединго данделъиялда гӏахьал лъана Франциялда гӏумру гьабун йигей ва гьениб «Кавказалъул клубалъе» нухмалъи гьабулей Ума Хӏайбулаева ва гьелъул лъабайго яс. Ватӏаналдаса рикӏкӏад ругониги, гьез берцинго бицунеб букӏана магӏарул мацӏ.\nХӏамзатил Расулил дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» кечӏ гьез рикӏкӏана магӏарул, гӏурус ва ингилис мацӏазда.\nШ. ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "11043-l-imalazda-betsiize-begularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11043-l-imalazda-betsiize-begularo", "title": "Лъималазда бецӏизе бегьуларо", "date": "2021-02-25 10:26:06", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гӏахьвахъ районалъул Местӏерухъа Ибрагьим Юсупов хӏалтӏулев вуго ДИРОялда корректорлъун. ДГУялъул филологияб факультет лъугӏидал, гьев учительлъун хӏалтӏана Цӏолода росдал школалда. Кӏиго соналдасан тӏамуна Ингердахъ росдал школалъул завуч-гӏуцӏарухъанлъун. 1992 соналде щвезегӏан гьенивги хӏалтӏун, Ибрагьим гочана гӏатӏиракьалде. Кирпич-хъутаналъул школалда лъагӏелалъ хӏалтӏана завучлъун ва 18 соналъ гьабуна директорлъи.\nДРялъул лъай кьеялъул отличник, ДРялъул мустахӏикъав учитель, 2000-2006 соназда -«Россиялъул школалъул лъагӏалил директор» И. Юсупов 2012 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталда. Гьесулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Ибрагьим, ДИРОялъе корректор щай?\n— Цебегоялдаса нахъе институталда буго редакциялъулабгун издательствоялъул отдел. Нижеца хӏадурулаан «Модернизация образования» абураб институталъул журнал. Гьанже дида тӏадаблъун гьабун буго институталдаса къватӏибе унеб кинабго корреспонденциялъул хал гьабизе. Институталъул ректорлъун Хӏамзат Жамалудинов тӏамуралдаса нахъе цӏикӏкӏана хӏалтӏиги, гьарулел ишалги камиллъана.\n— Гӏезегӏан заманалъ хӏалтӏулев вуго мун ДИРОялда. Кинаб пикру бугеб дур учительзабазул лъая лъул хӏакъалъулъ?\n— Дун щола гӏемерал районазде. Битӏараб бицани, гӏолохъанал учительзабазул лъай загӏипаб буго. Гьабсагӏаталда руго лъаялъул хал гьабиялъе чӏезарурал хасал критериял. Гьезда рекъон кколарел учительзаби гӏемер руго, хасго гӏолохъаназда гьоркьор. Масала, гӏурус мацӏалъул учителасда лъаларо, чан гъалатӏалъухъ кинаб къимат лъолебали -диктанталда, сочинениялда, изложениялда.\n— ЕГЭялда хъвалеб хӏалтӏулищ дуца бицунеб бугеб?\n— Гуро. Учителасда лъазе ккеларищ дарсида хъвараб диктанталъе кинаб къимат лъелебали? ЕГЭялда рукӏунел творческиял хӏалтӏабазухъ къимат лъолеб къагӏида гьезда лъала — гьаниреги ахӏун, малъун букӏиндал. Щибаб соналъ хӏадурула гьелъие хасаб программа ва институталде ахӏула «багӏараб зонаялдаса» учительзаби. Хал гьабула учительзабазул лъаялъул даража. Щибаб лъагӏалида жаниб кӏицӏул гӏуцӏула институталъул, вузазул ва школазул бищун лъикӏал учительзабазул «методикияб десант». Гьеб уна щибаб «багӏараб зонаялъул» районалде. «Багӏараб зонаян» абула ЕГЭялда бищун квешал хӏасилал ккарал школалги районалги.\n— Цоги кинаб гӏунгутӏи бугеб учительзабазул?\n— Цо-цо учительзабаз лъималазда бецӏулеб буго гьезул эбел-инсуда яги цогидал гӏагарал чагӏазда бахъараб ццин. Цӏалдохъанасе лъикӏаб къимат лъоларо, гьесда заманалда дарс гьикъуларо, хасго хӏадурун вачӏун вихьулев вугони. Гьеб буго бегьизего бегьулареб жо! Кин гьединав чиясда учителин абилеб?\n— Абулеб букӏана улкаялъулго школазда ригьалде рахарал учительзаби хӏалтӏулел ругин, гӏолохъаназе бакӏго толеб гьечӏин абун…\n— Нижер гӏелалъул учительзаби школалдаса нахъе ани, букӏине бугеб ахӏвал-хӏал цебечӏезабизецин хӏинкъулев вуго. Гӏолохъанал ва лъайгун бажари камилал учительзаби унел гьечӏо школалде хӏалтӏизе. Кӏудияб квербакъи ккечӏо гьеб рахъалъ «Росдал учитель» абураб программаялъулги.\nЦо-цо школал руго педагогал гӏоларого. Цо-цоязда гӏемер руго цогояб махщел бугел учительзаби. Масала, Гӏахьвахъ районалда Местӏерухъ росу кидаго рикӏкӏунаан филологазул росулъун, Тӏукитӏа — математиказул росулъун. Гьабсагӏаталда кисанго ахӏи балеб буго ингилис мацӏалъул учительзаби гӏолел гьечӏин. 18 районалъул школазда хал гьабураб мехалда, ватана жиндир дипломалда рекъон кколареб дарс кьолев 400 учитель. Кинха гьел хӏажалъиларел, ингилис мацӏалъул ва цогидал предметазул лъикӏал учительзаби Гӏахьвахъеги, Цӏумадеги, Цӏунтӏеги унареб мехалда?\n— Педагогияб лъай гьечӏониги, РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ ихтияр кьуна вузалда цӏалун вахъарав махщелчиясе школалда учительлъун хӏалтӏизе…\n— Дица гьеб пикру къабул гьабуларо. Гьеб буго заводал-фабрикалги къан, хӏалтӏудаса махӏрумлъарал инженеразеги цогидал махщелчагӏазеги «малъараб» нух, ай гьезул рази лъунгутӏи лъугӏизабизе ургъараб жо. Предмет лъан гӏоларо -лъазе ккола гьеб малъулеб къагӏидаги, хӏажалъула цӏалдохъабазулгун накъиталъе гьунарги. Педагогияб факультеталда цӏализе ккола лъималазе тарбиягун лъай кьезе ракӏалъ ахӏарал абитуриентал. Учительлъун вахъине ракӏго билълъинчӏев инженерас щиб малъилеб цӏалдохъабазда, масала, гӏурус, ингилис мацӏазул яги историялъул дарсида?\n— Пандемиялъ киналго рокъор чӏезаруна. Хӏасил кинаб ккараб?\n— Рокъосан цӏализарурал лъималазул лъай берда бихьулаго хашлъана: гӏемерлъана аттестат гьечӏого хутӏарал цӏалдохъаби. Нилъер учительзаби хӏадур рукӏинчӏо рикӏкӏадасан лъай кьезе (гьанже гьеб рахъалъ мадар бугин абизе бегьула). Щвалде щвараб лъай кьезе рес щоларо рикӏкӏадасан цӏали гӏуцӏиялъ. Хасго байбихьул школалъе данде кколаро гьеб къагӏида.\nГара-чӏвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ."}
{"slug": "11044-rizvan-goloev-dag-istanal-ul-millatal-g-unki-bugo-murad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11044-rizvan-goloev-dag-istanal-ul-millatal-g-unki-bugo-murad", "title": "Ризван ГОЛОЕВ: «Дагъистаналъул миллатал гъунки буго мурад»", "date": "2021-02-25 10:38:25", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул къоялде чанги лъикӏаб, байрамалде сверараб тадбир тӏобитӏана араб анкьалъ республикаялда.\nБищунго гвангъарал тадбиразул цояб букӏанин абизе бегьула 19 февралалда, Хасавюрт шагьаралъул №3 гимназиялда.\n«Единая Россия» партиялъул квербакъигун, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хӏаракаталдалъун гӏуцӏараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул къоги, Хасавюрт шагьаралъ 90 сон тӏубайги, Дагъистаналъул автономия лъазабуралдаса 100 сонилаб юбилейги.\nГьенир гӏахьаллъана шагьаралъул администрациялъул вакилзаби, лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулел, Хасавюрталъул ва мадугьалихъ ругел районазул школазул директорал, Махӏачхъалаялдаса рачӏарал творческияб интеллигенциялъул вакилзаби.\nБайбихьудаго абила-гьедин камилго, квартӏа кӏутӏизе бакӏ гьечӏого гӏуцӏараб тадбирал гӏемер дандчӏваларо. Чӏамучӏал кӏалъаял гьечӏеб, кьочӏое босараб темаялдаса кьуричӏеб гьеб тадбиралъ гьитӏинабго сценаялда рагьана тӏолабго Дагъистаналъул рухӏияб бечелъи, Хасавюрталда гӏумру гьабун ругел миллатазул хаслъи. Цо батӏияб шавкъгун школазул цӏалдохъабаз рахьдал мацӏалда цӏаларал кучӏдуз битӏахъе бадиб магӏу хулизабуна.\nГьалбадерида дандчӏвазе, гьел тӏоритӏизе, жибго тадбиралъул программа бечед гьабиялъулъ цӏикӏкӏараб бутӏа лъуна рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабаз. Зурмил накуялъухъе, хъахӏмаккал гӏадин чӏурканго сценаялдеги рачӏун, магӏарулазул бертадул гӏадат рагьулеб цо бутӏаги бихьизабуна гьез.\nДАГЪИСТАНАЛЪУЛ КӏОДОЛЪИ ГЬИТӏИНАБ СЦЕНАЯЛДА\n— Рахьдал мацӏазул дарсазе кьолел сагӏтал Хасавюрталъул школазда тӏаса къунцӏичӏо. Гьеб рахъалде нужер бугеб жавабчилъи цогидал шагьаразеги, гӏемериселго районазеги мисаллъун буго, — ян абуна жиндирго кӏалъаялда, Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей, «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ.\n-Гӏицӏго рокъор жиде-жидер лугъаталда кӏалъан миллияб мацӏалъул бечелъи лъималазе щвезе рес гьечӏо, нилъерго болмацӏ бицине, гьеб мацӏалда эркенго цӏализе ругьун гьаризе ккола гьел гьитӏинго. Республикаялда рахъулел миллиял газеталгун журналал ва хъвадарухъабазул асарал цӏалулелги дагьлъулел руго къо бахъанагӏан, гьебги буго нилъ пашманлъизе кколеб хӏужа, — янги абун, Мухӏидиновалъ кӏвар буссинабуна гьаб заманалда масъалалъун лъугьараб суалалдеги.\nХасавюрт шагьаралда гӏумру гьабун гӏемерисел магӏарулал ругониги, гьенир тӏоритӏулел тадбирал гӏуцӏулаго цӏунун букӏуна миллатал ращад гьарулеб хасаб цӏодорлъи.\n— Гьаниб гӏадин Дагъистаналда цойги кибха бихьилеб ва рагӏилеб, нилъер мадугьалихъ бугеб республикаялъул культура, мацӏ,-ин абуна, чачан миллаталъул цӏалдохъабазул ва мугӏалимзабазул церерахъиналъ жиндиего гьабураб асар загьир гьабулаго, магӏарулазул машгьурай шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ.- Рекӏелъе гьоцӏо тӏинкӏулеб тадбир — гьедин абула магӏарулаз гьадинаб магӏнаяб данделъиялда.\nДагъистаналъул мустахӏикъав артист Шамил Ханакаевас гьеб тадбир нухда бачараб къагӏида. Магӏарулгун гӏурус мацӏазда Ватӏаналде рокьи загьир гьабулел кучӏдулги ахӏана Шамилица.\nБогогьабаз цоцалъ къец бан гӏа дин, кьер-кьерал миллиял кванил нигӏматазул тепсиги хӏадурун бугоан рахьдал мацӏазул мугӏалимзабаз. Гьединго, гимназиялъул жанахӏа лъуб гӏуцӏун букӏана, щибаб миллаталъул мацӏазда дарсал кьезе рахъарал пособиял, поэзиялъулгун прозаялъул тӏахьал, умумузул тӏа гӏел-алатал лъурал выставкаялъул бокӏнал.\nЦӏИ-ЦӏИЯЛ ГӏЕЛАЗУХЪЕ КЬОЛЕБ РУХӏИЯБ ИРС\nАхиралдаги, баркиялъул къо къабго каламгун, цеве вахъана гьеб тадбир гӏуцӏиялъулъ цӏикӏкӏараб бутӏа лъурав ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутат Ризван Голоев.\n— Гьадинал байрамаз цӏи-цӏиял гӏелазухъе кьола миллияб рухӏияб ирс, гьезул ракӏазулъ щулалъизабула ватӏаналде рокьи, гъира базабула жидерго шагьаралъул, республикаялъул тарих лъазабиялде. Умумузул ракьалъул, гӏадатазул къимат цӏунараз чияр культураялъулги хӏурмат гьабула. Дагъистаналъул миллатал цоцалъ гъунки, гьуинлъи цӏикӏкӏин- гьеб буго мурад. Хадурккунги гьадинал байрамал тӏоритӏизе, миллатазул хаслъи цӏуниялъул хӏалтӏи жеги камиллъизабизе ниятги буго нижер, — ин абуна Голоевас тадбиралда гӏахьаллъаразе баркала кьолаго.\nБищунго лъикӏал рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабазе баркалаялъул кагътал ва гӏарцулал шапакъаталги кьуна гьенир.\nБатӏаго бицине мустахӏикъаб бутӏа лъуна гьениб Хасавюрталъул «Мугӏрузул дандерижи» («Эхо гор») фольклоралъулгун кьурдул ансамблялъ. Гьезул кьурдул расеналъулъ гуребги, ратӏлил фор- маялда угьарал накъишазулъцин цӏунун бугоан щибаб миллаталъул хаслъи. «Мугӏрузул дандерижи» ансамбль рикӏкӏуна республикаялъул кьурдул ансамблязул бищун лъикӏазул цояблъун. Гьев хореографги вуго Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Давудбек Хӏасанов.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "11045-rag-ulab-tun-batiiyab-ish-tiasa-bishchilaroan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11045-rag-ulab-tun-batiiyab-ish-tiasa-bishchilaroan", "title": "Рагъулаб тун батӏияб иш тӏаса бищилароан", "date": "2021-02-25 11:11:07", "categories": ["insan"], "text": "Анварбег Асилдаровасулгун гара-чӏвари гьабизе уней йигин абидал, гьесул ракьцояс бицана нахъаса вахъине цӏайи бугев чи вукӏаравани, Чабанмахьи бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло гьесие Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьолаанин. Гьелъул хӏакъалъулъ Анварбегида бицен гьабидал, гьедин ккеялъулъги цо сабаб батилин жаваб кьуна гьес. Хадубго тӏадеги жубана, нахъа къуват гьечӏогоги жив гьечӏила -Аллагь вугила жинда нахъа. 1999 соналда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ А. Асилдаровасе кьуна «Бихьинчилъиялъул орден».\nГьесул гӏумрудул саламатабго заман, рагъулав хъулухъчи вукӏиналъ Дагъистан бахун къватӏиб ана. Дагъистаналде тӏад вуссиндал, Анварбег хӏалтӏана МВДялда. Гьабсагӏаталда гьес дарсал кьола ДГУялъул юридикияб факультеталъул студентазе.\nАнварбегица басмаялда бахъун буго гӏелмияб 40 хӏалтӏиги. Аслияб куцалда, экстремизмалда хурхарал хӏалтӏаби руго гьел.\nТӏадегӏанаб лъай щвана цин 1970 соналда, Ленинградалда рагьараб СССРалъул МВДялъул тӏадегӏанаб политикияб училищеялда. Хадуб — 1983 соналда, Москваялда Тӏолгосоюзалъулаб юридикияб институт лъугӏидал. 1986 соналда СССРалъул МВДялъул тӏадегӏанал курсаздаги цӏалана.\nАсилдаровасул биография буго гӏезегӏан бечедаб. Масала, 1991 соналда улкаялъул нухмалъиялъ, гьес бетӏерлъи гьабулеб къокъаялда тӏадкъан букӏана Мугӏрузул Гъарабагъалда азербайжаназдаги эрменияздаги гьоркьоб лъугьараб хӏалуцин гӏодоцинабизе. Хадур гьединалго тадбирал Анварбегида тӏад къана нилъерго гьанирги. Масала, 1993 соналда Махӏачхъалаялда халкъиял депутатазул съезд байбихьулеб заманалде дандеккун СИЗОялда бахъинабураб ахӏи-хӏур лъугӏизабун буго гьес.\n1995 соналда А. Асилдаровасул отрядалъ ккуна Лъаратӏа районалъул Харада росулъан бугеб гӏорхъодасан чачаназул боевиказе гӏемераб ярагъги къайи-цӏаги босун унеб букӏараб хъачагъазул къокъа.\nАсилдаровас нухмалъи гьабуна 1999 соналда Чабанмахьиса террористал нахъе гъураб къокъаялъеги. Хадур хъачагъазул хутӏелаздаса рацӏцӏад гьаруна цогидал росабиги.\nГьединго гьесул къокъаялъ квербакъана чачаназул авлахъалъулав командир Руслан Гелаевасул къокъа кквезеги.\nАнварбегил хъизан-агьлуго буго гӏадлу-низам чӏезабиялъул нухдасан унеб. Масала, Хъара Хъараевасда цадахъ гьесул кӏудияв эмен Гӏабдулмажид вагъана Дагъистаналда советияб власть бергьиналъе гӏоло. Эмен кколев вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи. Анварбегил кӏудияв васги гӏахьаллъана рагъулал лъугьа-бахъиназулъ. Милициялъул школа лъугӏизабуна гьитӏинав васасги.\nАнварбег ккола терроризмалда ва коррупциялда данде къеркьезелъун ДГУялда гӏуцӏараб централъул нухмалъулевги.\nБайбихьуда Анварбеггун дун гӏемер мехалъ кӏалъана терроризмалдагун диналда сверухъ республикаялдаги дунялалдаги бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун. Гьеб рахъ рагӏа-ракьанде щун лъай гуребги, исламалъул тарихги, Аварагасул хӏадисалги рукӏана гьес цин гӏараб, хадуб магӏарул мацӏазда рехсолел.\n— Анварбег, дуда гьаб хӏалалда диналъул тарих кин лъараб?\n— 30 соналъ росдал дибирлъун вукӏана нижер эмен. Гьев сабаблъун цӏалана дица Къуръан. Рама- зан моцӏалъ таравихӏалъул какал разе нижехъе гӏадамал рачӏараб мехалда инсуца нахъасан хӏосги бан, рахалаан каву. Гьитӏинав чи дунги вукӏунаан гьезда цадахъ. Гьединго мунагьал чураяв кӏудияв вац Гӏабдулагьица малъана Къуръаналъул аятазул магӏна гьабизеги. Хадуб дица аварагзабазул гӏумру лъазабуна чанго батӏияв гӏалимчияс хъварал тӏахьаздасан. Кутакалда лъикӏаб тӏехь буго Сагӏид афандияс хъварабги.\n— Дур хӏалтӏулъ кинаб кумек гьелъ гьабулеб?\n— Масала, жакъасел студентал каккӏалалъул чагӏи кколелъул, гьезие кӏудияб асар гьабула дарс кьолеб мехалда диналъул тарихалдаса дица рехсолел хӏужабаз.\nКӏикъогогӏан сон бана дун росулъа аралдаса, амма Аллагь рекӏелъа араб къо дир гьечӏо. Гӏараб мацӏ лъазабулеб факультеталде цӏализе лъугьине бокьунги буго.\n— Гьанжейищ?\n— У. Хвезегӏан цӏали гьабулев вукӏине бокьилаан дие. Гӏелмуялда хадув лъугьун хварав чи шагьидасда ващалъизавулевлъидалха. Мухӏамад аварагасги абун бугелъул Аллагьасда божиялъул бащалъи кколин лъай тӏалаб гьабейилан.\n— Нужер факультеталда цӏалулел студентазул лъаялъул даражаялда ракӏ рекъолищ дур?\n— Гьезул лъай мукъсанаб бугилан дица абиларо, амма хадубккунисеб гӏумрудулъ гьеб лъай къваригӏараб бакӏ дагьаб буго. Хӏалтӏи щваниги, моцӏрое щолеб мухьги мукъсанаб буго.\n— Чӏадаколоса чи хӏисабалда, дзюдоистлъун вахъинчӏого кин мун хутӏарав? Гьенир дзюдоистал гӏемер ругелъул.\n— Дун гугарулаан. 1966 соналда гугариялъул рахъалъ тӏобитӏараб Дагъистаналъул чемпионаталъул призёрги ккола дун. Хадув вахъана мастерлъиялде кандидатлъун.\nГьединго гимнастикаялъулги хӏалбихьана дица. Гьеб рахъалъ лъикӏал хӏасилалги рукӏана. Гимнастикаялде жуван вукӏинчӏевани, рагъулав хъулухъчилъунги вахъинароанин ккола дида.\n— Вахӏ, кинаб бухьен бугеб гьезда гьоркьоб?\n— Къаркъалаялда ругел киналго ччорбал гурелги, гӏакълу-лъаялъул рахъ лъадаризеги квербакъула гьелъ. Рагъулаб хъулухъалде дун ккана гьадин. Каспийскиялда ГПТУ-6 лъугӏун хадув, дун кӏудиял вацазда аскӏове, Душанбеялде арав чи, армиялде ахӏана. Гьел вузазда цӏалулел рукӏана дора. Армиялда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна дица сержантазул школа. Хадув лъугьана рагъулаб училищеялде. Гьедин 25 соналъ Киров областалда хъулухъ гьабуна солдатасдаса байбихьун полкалъул командирасул заместителасде щвезегӏан. Дир рес букӏарабани цоги нухалъ махщел тӏаса бищизе, рагъулаб тун батӏияб ишги дие бокьилароан.\nХадубккунисеб хъулухъ дица ДРялъул МВДялда гьабуна. Гӏезегӏан захӏматал сонал рукӏана гьел, хасго халкъазда гьоркьосел террористаздаса республикаялъе зарал ккарал. Гьел гьаниса рачахъизе нилъер ракьцояз бахъараб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ бицине ккола тӏокӏалъ чӏечӏого. Масала, гьединаб материалги данде гьабун, нижер факультеталда музей гьабизе бокьун буго дие. Гьелда тӏасан конференциял гьаризе, пособиял риччазеги лъикӏаб буго. Экстремизм нахъчӏваялъе квербакъула гьединал тадбираз.\n— Амма гьел тадбираз кинабгӏаги асар гьабулищ унго-унголъунги экстремизмалъул махӏ чӏварал гӏолилазе?\n— Тӏубанго гьел хӏажат гьечӏиланги абизе бегьуларо. Конференциялде вачӏарав яги тӏехь цӏаларав чия- се пайдаяб цо мугьгӏаги щвечӏого хутӏуларо. Масала, гьезда гьоркьов вукӏине бегьула цониги преподаватель. Гьениб рагӏараб информация жинда цере цӏалулел анцӏ-анцӏ, нуснус студентазе кьела гурищ гьес.\n— Хӏалуцараб заман тӏаса ун къого соналдасан, къуваталъул идарабаз гьабураб хӏалтӏуе кинаб къимат дуца кьолеб? Букӏанищ кинабгӏаги тӏасанккей яги гьаричӏониги бегьулел жал?\n— Дун кутакалда рази вуго дирго махщелцоязул хӏалтӏудаса. Щайин абуни, дида гьеб кинабго бихьулеб букӏана жанисан. Гьез бергьун кӏудияб хӏаракат бахъана дора-гьанир рахчарал диниял сектаби ратаниги, хъачагъал ратаниги, республикаялъе зарал бугел чагӏи тӏатинаризе.\n— Анварбег, мун лъикӏ лъалел чагӏаз бицана Гъадаралъул рахъалда рагъ ккедал дуца гьениб бихьизабураб къо хӏехьеялъулги, Цӏунтӏа районалда Руслан Гелаевасул къокъа кколеб бакӏалда дуца нухмалъи гьабулеб къокъа аслияб букӏараблъиялъулги, цогидалъулги хӏакъалъулъ. Гьел киналго хасал операциязул киналъ дуе бищунго асар гьабураб?\n— Киназго. Щайгурелъул щибаб операциялъулъ чиясе къварилъи ккезе рес букӏиндал. Щибаб нухалда ниж къватӏире рахъунаан хвалде унел чагӏи кинигин. Гьединлъидал дида цевеса унев гьечӏо Чабанмахьиялда чӏварав нижер анцӏавго ОМОНалъулав. Гьелъие гӏиллалъун ккана доб мехалда нижеда гьениб бугеб ахӏвал-хӏал рагӏа-ракьанде щун лъалеб букӏинчӏолъи. Нижеда лъалаан гьенибе бетон, арматура ва цогидаб баччулеб букӏин. Амма лъалароан ярагъгун техника цӏунизе гӏадамаз ракьулъ рухъун гьенир тӏубарал рукъзал гьарун рукӏин. «Г» хӏарпалъул къагӏидаялда гьарурал гьенир рукӏана 25-30 чиясе рега-рахъинеги, гьединго снайпералгун гӏарадачагӏи чӏезеги хасал бакӏал. Гьезда тӏад абуни картошкагун багӏаргьологи бекьарал гӏадатиял хурзал рукӏана. Гьединлъидал къанагӏатавги чи щаклъулареб куцалда гьарун рукӏана гьел. Байбихьуда ниж сверун ккунги рукӏун, рорчӏана гьениса. Жунгутдерида аскӏоб бугеб штабалде щведал, Гӏадилгерейица (МВДялъул министр— ред.) гьикъана дандиязул чан чи гъова вугевилан. 400 чи вугин, амма жеги гьедигӏанаселго чагӏи ратизеги рес бугин абуна дица.\n— Мун хӏалтӏарал бакӏазда гьоркьоса дуе бищунго кинаб бокьараб?\n— Армия. Гьениб гӏадлуги цӏикӏкӏараб буго, ришватчилъиги гьечӏо. Черхалъегун гӏакълу лъадариги дие армиялдаса щвана.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "11055-khialtiutsa-mal-un-rigal-bitsun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11055-khialtiutsa-mal-un-rigal-bitsun", "title": "Хӏалтӏуца малъун, ригьалъ бицун", "date": "2021-02-26 09:25:11", "categories": ["insan"], "text": "Хунзахъ районалъул Гӏоротӏа росулъа Гӏиса Жамалудинов гӏемерал соназ хӏалтӏана машинаби къачӏалеб заводалда токарьлъун. Гьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго машинабазе хъулухъ гьабулеб станциялда. Гьениб ккана нижер гьесулгун гара- чӏвариги.\n— Гӏиса, мун вугоха гильзаби ва блокал къачӏалев чи.\n— Машинаялъ нах бухӏизе лъугьараб, моторалъул блок жагъаллъараб заманалда, дица цогидал роцабазул гильзабазда рекъезабун къачӏала, цӏи гьабула гьеб. Гьелдаса хадуб холенговальнияб станокалда тӏад цӏвакизабула.\n— Цӏидасан къачӏачӏого цӏияб босун лъезе бигьа гьечӏищ гьеб?\n— Цебе гьедин гьабулаан, бокьараб алатги, хисизе ресги букӏана. Советиял (Россиялъул) машинабазе лъикӏаб къайи жеги буго, заказ гьабуни, иномаркабазул бокьараб тайпаялъеги гьеб щола. Амма цӏакъго хира чӏола. Гьединлъидал къачӏайго лъикӏаб буго.\n— Аслияб куцалда кинал машинабигун гӏадамал духъе рачӏунел?\n— Машинаби гӏемерлъулел рукӏиналъги батила, тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго нижер хӏалтӏул тӏалаб. Мисалалъе, гьабсагӏаталда Махӏачхъалаялда буго нижецаго гӏадинаб хӏалтӏи гьабулеб анлъго-анкьго бакӏ, Хасавюрталда — кӏиго-лъабго. Машинаби рачӏуна бокьараб тайпаялъул, ай нилъералгоги иномаркабиги. Мисалалъе немцазул машинаби, гьел гучалги, хириялги, къуваталги руго. Амма гьезул моторал руго тохал, блокалги гильзабиги руго алюминиялъул.\nНижехъе рачӏунел гӏадамазда гьоркьосаги бечедалгӏан рукӏуна барахщарал. Гӏадатиял машинабазда ругезулгун хабарги данде ккола, гьез абураб багьаги кьола, баркалаги загьир гьабула.\n— Дур буго 67 сон. Бихьулеб буго гӏолохъабазе гӏемер бокьулеб гьечӏеблъи гьеб хӏалтӏи.\nДуда тезе ракӏалда бугищ?\n— Гӏолохъанаб гӏелалъе бокьулеб гьечӏо дагьабниги захӏмат бихьулеб «чӏегӏераб хӏалтӏи». Нижер хӏалтӏулъ, хӏакъаб жо, камуларо махӏги, хӏурги, цогидаб чороклъиги. Букӏани щиб, хӏалтӏи лъугӏун оре иналъул щибго къварилъи гьечӏелъул. Гьанже дидаго бихьулеб буго гӏолохъанаб мехалъ гӏадин хӏалтӏи гьабун бажарулеб гьечӏолъи, ригьалъ бицунеб буго дагьаб бигьа гьабизе ккун букӏин гьеб. Гьаб хӏалтӏуде ругьун гьавизелъун дица гьаниве вачун вуго дирго дурцги, гьевги ругьун гьавун, дагь-дагьккун телин ккола хӏалтӏи.\n— Гьаниве вачӏиналде гӏемерал соназ хӏалтӏун вуго мун токарьлъун. Токарасул хӏалтӏул хаслъи кинаб бугеб?\nКъокъго абуни, гьев ккола махх буцӏулев чи. Бачӏараб маххул бутӏаялъул, тӏаса босун тӏерен гьабун, хъурун гьес къватӏибе кьола чертежалда рекъон хӏадурараб алат. Гьеб буго щибго хӏинкъи, бакӏлъи, захӏмалъи гьечӏеб хӏалтӏи. Гӏемер батӏи-батӏияб хӏалтӏи гьабизе ккун, гьеб рахъалъ лъикӏаб махщел щвана дие заводалда хӏалтӏулеб мехалда.\n— Дур пикруялда, кинаб къагӏида лъикӏаб бугеб, ай чӏезабураб харжалда рекъон хӏалтӏи гьабулеб букӏараб доб заманалъул къагӏидайищ яги гьабуралда рекъон гӏарац щолеб гьаб заманалъул къагӏидайищ?\n— Гӏемер кӏудияб гьечӏониги, доб мехалда харж кьолаан заманалда. Кӏиабизе, сундулго багьаби рукӏана гӏодорегӏанал. Лъабабизе, анкьида жаниб кӏиго гӏодобкъоги букӏана. Гьабсагӏатги дицаго дие гӏодоркъоял гьаризе лъицаниги гьукъун гьечӏо, амма лъицаха дие гьел къояз гӏарац кьелеб? Ункъабизе, метерисеб къоялъул ургъел гьабизе кколароан. Щуабизе, кида кьунги чӏобого кьолаан квартира. Гьединлъидал дие гӏемерго цӏикӏкӏун бокьилаан цебесеб заман.\n— Дур хӏалтӏул гӏаммаб стаж кколеб буго 45 сон. Гьеб заманалда жаниб гӏемераб бечелъи данде гьабизе кӏванищ?\n— Хӏисаб гьабидал, щолеб жо гӏезегӏан букӏаниги, гъурущ нахъе лъезе ресго ккечӏо. Дун бечелъичӏо, амма киданиги вакъунги хутӏичӏо.\n— Амма дур бугоха цогидаб бечелъи — анлъго яс…\n— Васаздаса ясал гӏемерго лъикӏал руго. Дида бичӏчӏана цо жо — эбел- инсуда хадуб ясазул гӏадинаб бербалагьи васазул киданиги букӏунареблъи. Гӏарцухъ щолеб ва кинаб бугониги бечелъиялда бащалъулеб жо гьеб гуро.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "11161-korgi-k-achiaze-nukhalgi-giatiil-ize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11161-korgi-k-achiaze-nukhalgi-giatiil-ize", "title": "КОРги къачӏазе нухалги гӏатӏилъизе", "date": "2021-03-04 10:01:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "МОСКВАЯЛДА ТӏОРИТӏАНА НИЛЪЕР РЕСПУБЛИКАЯЛЪУЛ КЪОЯЛ\n1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тӏоритӏана «Дагъистаналъул къоял». Гьеб тадбир тӏобитӏана Дагъистан Республика гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялда бан.\nДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасул бетӏерлъиялда гъоркь дагъистаниязул кӏудияб къокъа гӏахьаллъана гьеб тадбиралда.\nТадбиралъул тӏоцебесеб къоялъго, 1 марталда, Федерациялъул советалда тӏобитӏана бюджеталъул ва финансазулал базаразул рахъалъ комитеталъул гӏатӏидаб данделъи. Нилъер республикаялъул мисалалда регионал бюджеталдалъун хьезариялда хурхарал кӏвар бугел суалал гьоркьор лъуна гьенир. Видеоконференциялъул кумекалдалъун гьелда гӏахьаллъана ДРялъул финансазул министр Юнус Сагӏадуевги.\nНЕКӏСИЯБ ШАГЬАРАЛЪЕ ГӏЕМЕРАБ ГӏАРАЦ ВА КОРАЛДА ЦӏИЯЛ РОГӏРАЛ\nГьеб данделъиялда гьоркьоб лъуна Дербент шагьар социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъулги, ракь ччукӏун иналда хӏинкъи бугеб бакӏалда рарал минабахъ гӏумру гьабулел гӏадамал санагӏатал шартӏал ругеб бакӏалде гочинариялъулги, хъублъи жанисан чвахулел рогӏрал цӏи гьарун къачӏаялъулги, гьединго тӏадеги гьел раялъулги сулалал.\nФедерациялъул советалда гьединго борхана КОР цӏигьабун къачӏаялъул суалги.\nКаналалъуса чвахулеб чорокаб лъим сабаблъун гӏадамазе бугеб тӏагӏам бахъиялъул бицана Сергей Меликовас Федерациялъул советалъул сенаторазе. Бацӏцӏадаб гьечӏолъиялъ жакъа къоялъги халкъалъухъе машинабаз баччун щвезабулеб бугин бацӏцӏадаб лъимин бицана гьес.\nКаналалъул реконструкциялда хурхун гьаризе бегьулел хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ бицана хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, 91 км халалъуда бугеб каналалъул 30 км гурони Махӏачхъалаялда жанисан унаро.\nГьелда тӏадеги цо-цо бакӏазда рарал гӏемертӏалаял минаби битӏахъего каналалда цун гӏадин ран руго. Гьеб сабаблъун гьенибе чвахулеб буго гӏемераб хъублъиги кьищни-къулги.\nГьеб гӏунгутӏи хисизабун бажарулин каналалда жанисан кӏудияб гӏатӏилъиялъул рогӏрал лъуниян абуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, хӏажалъула диаметралда 2- 2,5 метр бугел рогӏрал. Гьезда ва цогидал хӏалтӏабазда тӏад унел харжалги хӏисабалде росун, хӏажалъулеб буго 15-18 млрд гъурущ.\nРФялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялда цебе гӏуцӏараб мелиорациялъул департаменталъул нухмалъулев Дмитрий Сорокиница абуна реконструкциялда хурхун нилъер республикаялъ загьир гьабураб пикруялъул рахъ кквелила жидеца.\nАмма цо-цо техникаялъулал масъалаби мухӏкан гьаризе ккелинги тӏаде жубана гьес. Жанисан тӏубанго бетонги тӏун гьабураб канал, бицен гьабулел рогӏралги лъун хисизабулеб бугелъул, мухӏканаб проекталъулабгун сметаялъулаб документация хӏадурго букӏине ккелин абуна Сорокиница.\nКӏУДИЯБ, ГӏАТӏИДАБ, МАГИСТРАЛИЯБ ШАГЬРАНУХ\nГьединго Москваялда тӏоритӏарал республикаялъул къоязул хӏасиллъун ккана Махӏачхъала ялдагун Дербенталда сверун цӏияб, гӏатӏидаб шагьранух бахъизе хӏу кму гьабиги.\n«Кавказ» федералияб шагьранухалъул хӏал гӏолеб гьечӏин киналго машинабазул чвахиялда данде чӏезеян абуна республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев С. Меликовас. Гьединлъидал хӏажат буго республикаялъул севералъул рахъалдаса югалъул бутӏаялде щвезегӏан цо гӏаммаб кӏудияб магистраль. Меликовасул пикруялда рекъон, гьеб лъугьине буго республикаялъул тӏоцебесеб, кӏудияб масштабалъулаб проектлъун.\nДанделъиялда борхана нилъер республикаялда рагӏалде рахъинчӏого хутӏарал ралел бакӏазул суалги.\n2020 соналъул 1 январалде батун буго 1354 гьединаб объект.\nГӏаммаб куцалда гьел разе хӏажалъулеб буго 41, 4 млрд гъурущ. Гьезда хурхун хӏадур гьарун рукӏарал федералиял программабиги заман щвелалдего рагӏалде рахъун, гьел киналго бакӏал хутӏун руго хадубккунисеб хӏалтӏи гьабизе гӏарацги гьечӏого. Гьел киналго ран лъугӏизаризе цӏидасан гӏарац биччазе хӏукму гьабуна.\nДАГЪИСТАНИЯЗЕ БИЩУН ДАГЬАБ ХАРЖ, ВЫСТАВКА ВА «ЛЕЗГИНКАЯЛЪ» ПАНА ГЬАЮРАЙ МАТВИЕНКО\nДРялъул финансазул министр Юнус Сагӏадуевас Федерациялъул советалда борхана нилъер гьаниб гӏадамазе щолеб моцӏрол харжалда хурхун суалги. Хӏалтӏулев чиясул гьоркьохъеб харж буго 24 000 гъурущ.\nМинистрасул пикруялда рекъон, гьеб ккола улкаялъул регионазда гьоркьоб бищун дагьаб къадар.\nЦохӏо социалиялгун экономикиял суалазул бицун течӏого, культурияб программаги хӏадур гьабун букӏана республикаялъ.\nТӏасияб Палатаялъул залалда рагьун букӏана республикаялъул Тахо-Годилги, Патӏимат Хӏамзатовалъул цӏаралда бугеб Изобразительниябги музеяз хӏадур гьабураб выставка.\nФедерациялъул советалъул сенаторазда цебе бахъана нилъер машгьураб «Лезгинка» ансамбльги. Гьелъ хасго асар гьабуна спикер Валентина Матвинкое. Кӏудияб баркалаги кьун, кӏодо гьаруна гьелъ нилъер кьурдухъаби.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11163-tsoyal-rachiana-tsogidal-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11163-tsoyal-rachiana-tsogidal-ana", "title": "Цоял рачӏана, цогидал ана", "date": "2021-03-04 10:10:35", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, цо-цо хъулухъазде тӏамуна цӏиял чагӏи, цогидал гьездаса махӏрумлъана.\nПредпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гӏуцӏараб агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун тӏамуна Хӏ.-М. Гӏабашилов.\nЦевеги гьебго хъулухъалда вукӏана гьев. Хӏажи-Мурад Гӏабашилов гъоркьиса бергьун вукӏана «Лидеры России» абураб конкурсалда.\nДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас Ставрополь краялда вугев Дагъистаналъул вакиласул заместителаллъун тӏамуна Сергей Могилинги Валерий Новиковги.\nХъулухъаздаса нахъе ана кӏигоял -лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министрасул заместительлъун вукӏарав Ширали Гӏалиевги ДРялъул хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьерасул кумекчилъун вукӏарав Махӏач Мухӏамадовги."}
{"slug": "11164-daran-bazaral-e-613-mln-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11164-daran-bazaral-e-613-mln-g-urushch", "title": "Даран-базаралъе — 613 млн гъурущ", "date": "2021-03-04 10:16:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Предпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гӏуцӏараб агентствоялъул хӏалтӏул хӏасилал гьарураб данделъи тӏобитӏана 1 марталда ДРялъул хӏукуматалда.\nГӏиси-бикъинаб даран-базар цебетӏезабиялъе гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса биччан буго 613 млн гъурущ. Гьеб харж гьабун буго бигьалъаби чӏезарун микрозаймал кьезе, лизингалдалъун къайи-цӏа босизе.\nГьанжеялдаса хадуб росдал магӏишат, промышленность, туризм цебетӏезабиялъе гӏуцӏарал проектал тӏуразе агентствоялъ квербакъизе букӏиналъулги бицана гьениб.\nДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏ. Гӏамирхановас абуна республикаялде кигӏан кӏваниги гӏемер инвестициял рачӏинариялда тӏадги хӏалтӏизе кколин агентствоялъул вакилзаби. Бокьараб иш байбихьизе рес кьолел ракьал кир ругелали бихьизабизе, гьединго инвестициязул суалал цойиде росизе гӏоло хасаб сайтги гӏуцӏизе ккелин лъазабуна премьерас.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11165-aeroportalda-askiob-onkodispanser-bala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11165-aeroportalda-askiob-onkodispanser-bala", "title": "Аэропорталда аскӏоб онкодиспансер бала", "date": "2021-03-04 10:19:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кватӏичӏого (54 моцӏида жаниб) Махӏачхъалаялъул аэропорталда аскӏоб базе буго онкодиспансер. Гьелда тӏад харж гьабизе буго 14 млрд гъурущ. Гьелъул цо къадар хӏукуматалъ, цогидаб къадар бизнесчагӏаз кьезе буго.\nОнкодиспансер бай тӏаде босулеб буго «МедИнвестГрупп» абураб гӏуцӏиялъ.\nПроекталда рекъон, гьениб базе буго поликлиника, стационар, операциязулгун реанимациялъул, радиологиялъул, реабилитациялъул, паллиативнияб кумекалъул отделениял, диагноз лъеялъул лабораториял.\nГьединаб диспансер кутакалда хӏажат буго нилъее. ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, онкологиялъ унтарав 29 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи вуго республикаялда."}
{"slug": "11166-yaragunarel-tokhturzabi-nil-er-gechio-meditsinayal-ul-khekhab-kumekal-ul-vakilzabazulgun-press-konferentsiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11166-yaragunarel-tokhturzabi-nil-er-gechio-meditsinayal-ul-khekhab-kumekal-ul-vakilzabazulgun-press-konferentsiya", "title": "«Ярагьунарел тохтурзаби нилъер гьечӏо» Медицинаялъул «Хехаб кумекалъул» вакилзабазулгун пресс-конференция", "date": "2021-03-04 10:24:07", "categories": ["med"], "text": "1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тӏоритӏана Дагъистан республикаялъул къоял.\nЦогидазда цадахъго, нилъер гьаниб медицинаялъул «Хехаб кумекалъул» хӏалтӏи лъикӏлъизабиялъул суалги борхана гьениб.\nГьелда бан 1 марталда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда гӏахьаллъи гьабуна «Медицина катастроф» абураб централъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамадрасул Зиявудиновас.\nГьесда цадахъ гьенире рачӏун рукӏана рехсараб централъул хӏалтӏухъан Артур Даххаев, санавиациялъул тохтур Давид Учуев, Дагъистаналъул медицинаялъул университеталда бугеб «Хехаб кумекалъул» факультеталъул кафедраялъул нухмалъулев Элдар Минкаидов.\nГӏОЛОХЪАБИ ЦӏА ГӏАДАЛ, ХӏАЖАТ РУГО КИДАГО\nМухӏамадрасул Зиявудиновас бицана, бокьараб цогидаб хӏалтӏул бакӏаздаго гӏадин, «Хехаб куме- калъул» хъулухъалъулъги гӏемерал захӏмалъаби ругин. Амма ахираб кӏиго-лъабго соналда жанир лъикӏал хиса-басиялги кканила жидер хӏалтӏулъ. Мисалалъе, лъалаго роцӏцӏун буго хӏалтӏухъабазе хӏажатаб сурсат, хасаб ретӏел-хьит чӏезабиялъул суал, щун руго «Хехаб кумекалъул» цӏиял машинаби. Цохӏо тахшагьаралда гуребги, мугӏрузул районазда ругел гьезул станциязеги щун руго гьел.\n— Амма кӏвар буссинабизе ккараб суал буго жакъа «Хехаб кумекалъул» хъулухъ лъикӏал, махщел бугел хӏалтӏухъабаздалъун хьезаби. Хасго гьеб рахъалъ квешаб хӏал бугин абизе бегьула рикӏкӏада ругел росабалъ, гьединго районазда гьоркьор ругел «Хехаб кумекалъул» станциязда. Медуниверситетги лъугӏун гьенире хӏалтӏизе унезул къадарги кӏудияб гьечӏо. Щайин абуни, жакъа гӏемерисезе бокьулеб гьечӏо гьединал бакӏазде хӏалтӏизе ине. Щайгурелъул гьенир тӏалабал цӏакъ кьварарал руго ва кинавго чиясухъа гуро гьеб хӏехьонги бажарулеб, — ин бицана М. Зиявудиновас.\nГьеб рахъги хӏисабалде босун, церегоялдаса нахъе «Хехаб кумекалда» хӏалтӏулел, гьанже ригьалде рахарал гӏадамалцин чӏезарун ругин жидеца хӏалтӏудаян бицана гьес.\n«Хехаб кумекалъул» шоферзабазул хӏалтӏуе кинаб къимат дуца кьолебин цӏехана гьесда журналистаз. Гьедигӏанго беццизе ккараб хӏалалда гьечӏониги, ахираб заманалда гьеб рахъги мухъде бачӏун бугин жаваб кьуна Зиявудиновас. Жакъа кинавго чи рулалда нахъаги вугеб, машинабаз занкӏун цӏурал шагьаразда гӏунгутӏаби камун хутӏулел гьечӏин жидер хъулухъалъул шоферзабигиян тӏаде жубана гьес.\nСанитарияб авиациялъул тохтур Давид Учуевас бицухъе, 2020 соналъ 185 роржен гьабун буго гьез унтарал гӏадамазухъе. Больницаялде щвезавун вуго 256 чи, гьездаго гьоркьоб — 26 лъимерги.\nЧИЯРАБ БЕРЦИН БИХЬУН, НИЛЪЕРГО ЛЪИКӏАБ КӏОЧОН\n«Хехаб кумек» ахӏизе бегьулел гӏузрабиги батӏи-батӏиял рукӏунин бицана Мухӏамадрасул Зиявудиновас.\n— Квеш ккараб жо буго пачалихъалда цебе букӏараб лъикӏаб къагӏидаги тун, жакъа бакътӏерхьул улкабазул мисалалда рекъон хӏалтӏулел рукӏин.\nЩивав чиясул къаркъалаялъул гӏуцӏи цого бугилан кканиги, унтуда данде къеркьолеб хасият щивав чиясул батӏи-батӏияб букӏуна. Цоясе данде ккараб дару-сабаб цогидасе ккечӏого букӏине рес буго. Гьеб рахъги хӏисабалде босулаан цебе.\nГьанже абуни, кӏиго чи цого къоялъ, цого заманалда унтун «Хехаб кумек» ахӏани, кӏиязего гьабизе цого дару бихьизабун буго. Гьеб лъикӏ гьечӏо, — ян абуна Зиявудиновас.\nЦЕБЕСЕБ ГӏЕЛ ЦӏАЛИЗЕ ГЪИРА БУГЕБ БУКӏАНА\nПресс-конференциялда рукӏа разул цояс гьесда гьикъана дурго хӏалтӏухъабазул махщалидаса рази вугищ мунилан.\n— Тӏуванго гьездаса рази вугин абуни, нужги божизе гьечӏо, гьебги гьереси букӏина. Бокьараб цогидаб бакӏалдаго гӏадин, нижер хъулухъалдаги руго гьеб рахъалъ гӏунгутӏаби. Жакъа «Хехаб кумекалде» хӏалтӏизе рачӏунел гӏолохъанал тохтурзабазул гӏемерисел руго жидерго цо хасаб пикруялъул, гӏамал-хасияталъул гӏадамал. Диейин абуни, гьездасаги, советияб медицинаялъул школалъ куцарал тохтурзабигун хӏалтӏизе бигьа букӏуна. Гьединлъидал цӏакъ рекӏекълъула, битӏараб бицани, дир кьералъул хӏалтӏухъаби мустахӏикъаб хӏалхьиялде унеб мехалъ. Гьезул чангиязда гьаризецин гьарула, исанаги инчӏого чӏайин, нужер махщел цӏакъ хӏажат бугин абун.\nКиназдаго ракӏалда батила, араб гӏасруялда нилъер республикаялъул мединституталъ къватӏире риччалел махщелчагӏазул букӏараб къимат. Махщалил даражаялъул рахъалъ тӏубараб союзалдаго ункъабилеб бакӏалда рукӏана нилъ. Щайгурелъул доб мехалъул гӏел цӏализе гъира бугеб букӏана. Дунги, дир курсцоялги кидаго рукӏунаан цӏияб тӏехь бала- гьулел, цо щиб букӏаниги цӏияб жо тӏаде лъазе кӏвелародайилан къеркьо- лел. Бахчиларо, жакъаги хӏалтӏудаса рокъове щун хадубги чанго сагӏат дидаго тӏад хӏалтӏизелъун хвезабула дица. Гьанжесеб гӏел гьединаб гьечӏо, гьезие цӏалдезе бокьуларо. Гьанже кинабго баян интернеталда, гад- жетазда, смартфоназда букӏиналде ругьунлъун, гьелда гӏей гьабун чӏун руго гьел, — ин рикӏкӏунеб буго Мухӏамадрасул Зиявудиновас.\nАмма бугониги, ахираб кӏиго соналда жаниб гьеб рахъалъги иш лъикӏлъулеб бугин тӏаде жубана гьес хадубги. Гьабсагӏат мединституталда цӏалулезда гьоркьор дагьал гьечӏо жидерго лъай бечед гьабизе бокьарал гӏолохъаби.\n— Нилъ киналго ругьунлъун рукӏана, Дагъистаналъул мединститут лъугӏарал гӏолохъаби, хӏалтӏи тӏалаб гьабун жидехъе раккугеян, Россиялъул шагьаразда игӏланал чӏван ругин абураб хабаралде. Амма гьел рукӏана гӏадамаз ургъунго риччарал хабарал.\nГьедин хӏисаб гьабуни, гьелго тӏалабал Россиялъул цогидал регионазда цӏаларал тохтурзабаздеги рухьинаризе бегьулаан. Гьезулги махщалил даража нилъераздаса цӏакъаб букӏинчӏо. Гьедигӏанго ярагьунарел сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъаби рукӏинчӏо ва жакъаги гьечӏо нилъер. Гьезул чангиял жакъаги Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда, медицинаялъул идарабазда дарсал кьолелги руго, — ян бицана М. Зиявудиновас.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11167-vaktsina-gabuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11167-vaktsina-gabuleb-bugo", "title": "Вакцина гьабулеб буго", "date": "2021-03-04 10:30:41", "categories": ["med"], "text": "Ковидалъул вирусалде данде вакцинация гьабиялъул хӏалтӏи тӏадбан унеб буго Гъизилюрт шагьаралдаги. Гьелъул хӏакъалъулъ нижее бицана шагьаралъул больницаялъул бетӏерай тохтур Патӏимат Шабановалъги, гьелъул заместителал Салимгерей Салимгереевасгун Гӏалиасхӏаб Гьи- матовасги, терапевт Патӏимат Шамсудиновалъги. Гьез бицухъе, вакцина гьабилалде цебе цин хал гьабулеб бугеб щивав чиясул чорхол хӏалалъухъ. Гьеб гьабиялъулги буго кӏиго бутӏа. Тӏоцебесеб вакцина гьабун 21 къо индал гурони гьабизе бегьуларо кӏиабилебги вакцина.\nЖакъа къоялде Гъизилюрталда вакцина гьабун буго 245 чиясе. Аслияб къагӏидаялда гьел ккола медицинаялъулал идарабазул, школазул, ясли-ахазул, шагьаралъул ва районалъул администрациязул хӏалтӏухъаби. Гьединго халкъал да гьоркьор гьарулел руго бичӏчӏи кьеялъулал хӏалтӏабиги.\nВакцинаялъ цӏикӏкӏинабула иммунитет. Гьелъ квербакъула унтаразул къадар дагьлъиялъеги. Гьединлъидал гьелдаса хӏинкъизе кколаро.\nВакцина гьабизе бокьарал рачӏине бегьула шагьаралъул поликлиникаялде яги гьеб гьабизе шартӏал чӏезарурал цогидал бакӏазде.\nГӏалибег САЛАВАТОВ"}
{"slug": "11168-zhak-agi-dur-tiakhal-rugo-tsiekholel-musa-mukhiamadov-rakialde-shchvezaviyal-ul-k-o-tiobitiana-gandikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11168-zhak-agi-dur-tiakhal-rugo-tsiekholel-musa-mukhiamadov-rakialde-shchvezaviyal-ul-k-o-tiobitiana-gandikh", "title": "ЖАКЪАГИ ДУР ТӏАХЬАЛ РУГО ЦӏЕХОЛЕЛ Муса Мухӏамадов ракӏалде щвезавиялъул къо тӏобитӏана Гьандихъ", "date": "2021-03-04 10:32:40", "categories": ["kultur"], "text": "Магӏарулазул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадов хваралдаса 28 февралалда тӏубана 24 сон. Исанасеб сон ккола гьесул юбилеялъулаб лъагӏеллъунги. Магӏарулазул гьунар тӏокӏав классик гьавуралдаса исана тӏубала 95 сон.\nГьелъие байбихьи лъураб гьитӏинабго тадбир тӏобитӏана, 1 марталда хъвадарухъанасул ватӏаналда — Шамил районалъул Гьандихъ росулъ.\nКинав чи Муса вукӏаравали магӏараулазе хас гьабун жакъа бицине ккеларо. Тӏубараб гӏумруялъ гьес хъварал, бечедаб, пасихӏаб мацӏалъул асаразда гъоркь гӏуна чанго батӏияб гӏел. Цоцахъе кьун цӏалулел рукӏарал Мусал гӏемерисел тӏахьал жакъа кодоре щолелцин гьечӏо. Амма гьесул цӏарги, гӏалам бахил гьабураб гьунарги хутӏана нахъе.\nКъисабигун харбал хъвазе кутакаб гьунар гуребги, гьел асарал цӏаларал гӏадамал гӏаммаб пикруялъ гӏагар гьаризеги, гьезие живго вокьизавизеги кӏванин Мусадаян абуна, гьесул цӏаралда бугеб музейги гӏуцӏарав, гьесул цӏаралда бугеб школалъе нухмалъиги гьабулев Мухӏамад Гъазалиевас.\n— Кӏиго чияс машгьур гьабуна нилъер Гьандихъ росу. Тӏарикъаталъул устар Хӏумайд афандиясги, 70-гӏанасеб прозаялъул тӏехь хъварав Муса Мухӏамадовасги. Гьев гӏадин ракӏ батун, кӏвахӏ тун хъвадарулев чиго вукӏанадай нилъер хъвадарухъабазда гьоркьовилан ккола дида. 71 сон бараб мехалда ана гьев гьаб дунялалдаса. Жакъа гьесул кьералъул цо-цо гӏадамал чӏаго руго. Муса хехго ана. Ана бугеб рухӏги жанги кьун бокьулеб иш, адабият цебетӏезабизе бахъараб жигаралъ, жиндирго сахлъиялда барахщичӏого гӏемер хӏалтӏулев вукӏиналъ. Гьединал гӏадамал къанагӏат гурого рукӏунаро, — ян абуна М. Гъазалиевас.\nКӏудияб адабалда гьеб къоялъ ракӏалде щвезавуна кӏиго моцӏалъ цеве нилъедаса ватӏалъарав Мусалги Фазулги вас Мухӏамад (Махӏач) Мухӏамадовги. Гьунар бугев литератор, таржамачи, цӏакъ гӏамал берцинав инсан вукӏанин гьевилан бицана М. Гъазалиевас.\nГьандихъ тӏобитӏараб тадбиралда школалъул цӏалдохъабаз цӏалана Мусал асаралдаса цо-цо кескал, рикӏкӏана гӏолохъанлъуда гьес хъварал кучӏдул.\nМагӏарулазул машгьурав хъвадарухъанас 95 сон тӏубаялда хурхун кӏудияб тадбир тӏобитӏизе буго исана риидал Гьандихъ. Аллагьас хъван батани, гьелда гӏахьаллъи гьабизе буго «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазги.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11170-kinazdago-rel-l-arab-l-idanigi-rel-l-inchieb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11170-kinazdago-rel-l-arab-l-idanigi-rel-l-inchieb", "title": "Киназдаго релълъараб, лъиданиги релълъинчӏеб", "date": "2021-03-04 10:39:58", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналде рачӏун рукӏана «Вместе. РФ» абураб федералияб (федерациялъул советалъул) телеканалалъул мухбирзаби Артем Пашнин ва Михаил Чупрасов. Гьезул масъала букӏана Федерациялъул советалда тӏоритӏизе ругел «Дагъистаналъул къоязде» республикаялъул социалиябгун экономикаялъул гӏумру бихьизабулеб программаялъе материал хӏадур гьаби (передачаби рихьизаризе руго ОРТ ва Россия-24 каналаздасанги). Гьел щвана Гъарабудагъкент, Хъунзахъ, Бабаюрт, Гъуниб районазде.\nСалтӏа росулъе букӏараб нижер цадахъаб сапаралда гьез лъай-хъвай гьабуна росулъе цӏи гьабураб нухалъулгун. 7,5 км. манзилалъул гьеб 130 млн. гъурущ харжги гьабун, республикаялъулаб программаялда рекъон къачӏана 2,5 соналда жаниб. Щвана школалде. 5 млн. гъурущ гӏарацги харж гьабун гьеб къачӏана «100 школа» абураб программаялда рекъон. Балагьана тӏабигӏияб газ бачине ругел ресазухъ. Хважалмахьи-Хъуппа мухъдасан гьеб Салтӏе щвезе бегьула исана соналъул ахиралда. Сапаралдаса хадуб чанго суалалъе жавабги кьуна А. Пашниница.\n— Кин нужеда бихьараб Махӏачхъала?\n— Нижеда бихьана Махӏачхъала къадги къасиги «кьижулебго» гье чӏеблъи. Киса-кирего рекӏарал чира хъаз, хьвадулеб транспорталъ шагьар букӏана гвангъизабун ва гьеб рахъалъ Махӏачхъала цӏакъго релълъун буго Москваялда. Хадусеб къоялъ нижеда бихьана гьелъул тӏубараб чӏаголъи — къватӏахъ руго цӏакъго гӏемерал гӏадамал ва машинаби, кире балагьаниги бихьулеб буго тӏадбан унеб хӏалтӏи, магӏишаталъул багъа-бачари. Дун гьаниве щвечӏого араб щуго лъагӏалида жаниб цӏакъго хисун буго тахшагьар — ран руго гӏемерал минаби, лъикӏлъун руго нухал. Гӏадамазулъ буго роцӏцӏин, ракӏрагьи, гӏодоре риччай, гьечӏо хӏалуцин.\n— Гьале нуж щвана Салтӏа росулъе. Кинаб асар гьабураб бихьара-таралъ?\n— Рагӏабаздалъун загьир гьабизе кӏоларебгӏан лъикӏаб асар гьабуна, тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ бицун пайдаго гьечӏо. Росулъе щведал ниж тӏуранго тамашалъана. Росулъе унеб нух буго хъилги тӏун лъикӏаб даража- ялда къачӏараб. Росдал гӏуцӏиялъулъ цӏунун буго некӏсияб, нужее хаслъи бугебги, сундулъго буго цӏияб, зама- налъул тӏалабазда рекъарабги. Ниж гӏажаиблъизаруна росдал жакъасеб къоялъ, букӏинеселде ругел планаз ва гьел тӏураялъе гӏадамазул бугеб гъираялъ. Гӏадатияб росуйин гьалда абизе захӏмат буго, гьаб буго риидалги кьиндалги туристал хьвадизе киналго ресал ругеб бакӏ.\n— Цо чанго къоялдасан нуж тӏад руссине руго Москваялде. Бокьилаанищ цоги нухалъ Дагъистаналде щвезе?\n— Лъиениги балъголъи гуро, гьанире рачӏине бокьаралгицин чӏола беркъан, гьезулъ жеги хутӏун буго цересел соназда букӏараб хӏинкъиялъул асар. Амма нижеда бихьаралда, дандчӏваралда рекъон, гьабсагӏаталда гьелъие кинабгӏаги кьучӏ гьечӏо. Гьаниб буго берцинаб, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏал. Рес ккун хадуб нижги рачӏина (дие бокьилаан риидал вачӏине), гьебго абила нижеда лъалездаги.\nЧанго рагӏи тӏаде жубана М. Чупрасовасги.\nДун щвана Европаялъул, Азиялъул ва Югалъулаб Америкаялъул 40-гӏанасеб пачалихъалде, Россиялъул гӏемерал регионазде. Дагъистан бугин ккола дида гьел киназдагоги релълъараб ва цонигиялдаги релълъинчӏеб, гьезул цо-цо бутӏа жиндилъ бугеб, лъилниги гьечӏеб хаслъиги бугеб регион.\nКӏиабизе, щивасе бокьула живго гӏураб бакӏ, Ватӏан. Амма гьединаб рокьиялда цадахъ нужер гьаниб гӏадамазда мухӏканго лъалеб буго жидерго росу-ракьалъул тарихги, жакъасеб гӏумруги, гьезулъ буго букӏинеселъул ургъелги.\nЛъабабизе, гӏемерал соназ Москваялда вугониги, дун гьавуна ва гӏуна Сибиралда. Бугеб хӏалалда абуни, Москваялдаги Сибиралдаги дида лъалезда гьоркьоб буго Дагъистаналдехун ва дагъистанияздехун тӏубараб божилъи гьечӏолъи, хӏинкъи, гьанире рачӏине кӏоларого рукӏин. Гьеб буго гьаниб бугеб хӏакъикъат лъаларого букӏиналъул хӏасил. Цо нухалда гьанире щун, кинабго бихьун хадуб лъугӏула гьебги, бокьула цоги нухалда рачӏинеги.\nГӏ. ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "11171-khiink-iyal-zhegi-tamakh-gabula-cherkh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11171-khiink-iyal-zhegi-tamakh-gabula-cherkh", "title": "Хӏинкъиялъ жеги тамах гьабула черх", "date": "2021-03-04 11:58:26", "categories": ["med"], "text": "Ковидалъул пандемия тӏибитӏараб заманалда «Багӏараб зонаялда» хӏалтӏулаго анцӏ-анцӏ унтарасда аскӏой яхъун чӏарай, гьезие бажарараб кумек гьабурай гӏадан ккола «Рахунел унтабазул, профилактикаялъул ва СПИДгун къеркьеялъул республикаялъул централъул» 3-абилеб ва 4-абилеб госпиталазул начальник Разият Мухӏамадова. Гьелъул бахӏарчияб хӏалтӏуе къиматги кьун, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрас гьелъие кьуна Баркалаялъулаб грамотаги.\nРазият ккола Хунзахъ районалъул Гӏободаса хирург Асадулагьил ва Гумбет районалъул Мелъелтӏаса Гӏазрал яс. Разиятица бицана тохтурасул махщел тӏаса бищиялъе гӏилла кканин инсуда берцин йихьи, ай гьев рази гьавизе бокьи. Гьесие цӏакъ бокьун букӏанила жий тохтурлъунги яхъун, гӏадамазе пайдаяй гӏадан лъугьине.\nТӏокӏлъиялда школа лъугӏарай Разият, Дагъистаналъул медицинаялъул академиялде цӏализе лъугьана. Студентлъиялъулал соназда гьей жигаралда гӏахьаллъулаан фармакологиялъул ва анатомиялъулгун физиологиялъул кружоказда, гӏелмиял докладалгун цее яхъунаан конференциязда.\nЦӏали лъугӏун хадуб Разият 20 соналъ терапевтлъун хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялда.\n2017 соналда гьей хӏалтӏизе ахӏана Республикаялъул рахунел унтабазул централде. Гьелъул лъайги, махщелги, хӏалтӏи гӏуцӏизе бугеб гьунарги бихьун, заман балелдего Мухӏамадова тӏамуна госпиталазул начальниклъун. Гьелъул хӏакъалъулъ хабар ккедал, цадахъ хӏалтӏулез абуна: «Разият йиго гурхӏел-рахӏму цӏикӏкӏарай тохтур, лъикӏлъиги, гӏаданлъиги, берцинаб гӏамалхасиятги кьун Аллагьас кӏодо гьаюрай гӏадан», — ан.\nГоспиталалда бугеб къимат кьеялъул ва суалал цере лъеялъул тӏехьалда руго сах гьарураз Разиятил хӏакъалъулъ хъварал гьадинал рагӏаби. Масала, Гӏалиева Умаца хъвалеб буго: «Ковидалъ тамах гьаюрай дица, гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабун букӏана. Сах гьаюн унаго, хвалил квачӏикьа дун яхъарай Разиятил кверазда дица, бетӏер къулун, баана. Ракӏ-ракӏалъ баркала кьуна гьелъул тӏолабго коллективалъе. Нужер щивасул цӏарал дида хвезегӏан кӏоченаро», — ян.\nТарумовкаялдаса Сагӏидова Мадинаца хъвалеб буго: «Ковидалъ захӏматго унтарай дун, госпиталалда гьабураб тӏадчӏараб хъулухъалдаса хадуй хвалдаса йорчӏана. Дида хвезегӏан кӏоченаро Разиятил кверазул тамахлъи, гьимиялъул берцинлъи, тохтурасулаб лъаялъул ва махщалил камиллъи», — ян.\nЛъикӏал чагӏазе Аллагьас талихӏ кьолин абула. Разиятил буго унгоунголъунги талихӏаб хъизан. Гьелъ жинцагоги абула: «Лъикӏав росги, малъараб гьабулел лъималги кьун, Аллагьас кӏодо гьаюрай гӏадан ккола дун», — ан.\nГьелъул рос Шамил ккола налогазул инспекциялъул инспектор, яс Патӏимат — экономист, вас Марат — экономист-программист.\nПандемиялъул заманалда букӏараб ахӏвал-хӏалалъул ва дандчӏварал захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицун, Р. Мухӏамадовалъулгун нижеца гарачӏвариги гьабуна.\n— Разият, кинаб къимат дуца кьолеб бищунго захӏматал къоязда госпиталазда букӏараб ахӏвал-\nхӏалалъе?\n— Бищунго захӏматал рукӏана пандемия байбихьарал тӏоцересел къоял. Гьеб мехалъ дун хӏалтӏулей йикӏана ковидалъ унтарал сах гьаризе медицинаялъул хӏалтӏухъаби ругьун гьариялда тӏад, 17 августалдаса нахъе байбихьана «Багӏараб зонаялда» хӏалтӏизеги.\nЛъугьун букӏараб ахӏвал-хӏалалъе цо рагӏудалъун къимат кколеб бугони, «лъангутӏи, баян гьечӏолъи» абун абизе бегьила. Лъалеб букӏинчӏо унти кин унебали, цебетӏолебали ва хисулебали, гьединго кин гьебгун къеркьезе кколебали.\n— Гьеб заманалда кинаб букӏараб дур хӏалтӏул къоялъул низам?\n— Захӏматал рукӏана гӏемерал унтарал рачӏунеб къо, бигьаяб — сахлъун гьел унеб къо. Жеги захӏматал рукӏана занкӏун цӏурал госпиталазда бакӏ гьечӏин абун, унтарал къабул гьаризе рес гьечӏел къоял. Пандемия байбихьараб лъабго моцӏида жаниб ниж, гӏумру гьабун, госпиталалдаго рукӏана.\n— Пандемиялъул заманалда госпиталазда чан тохтур ва медсестра хӏалтӏулел рукӏарал?\n— «Багӏараб зонаялда» тохтурзабазул ва медсестрабазул хӏалтӏуца ниж хӏайранлъизарун рукӏана.\n— Ковидалдаса цо-цо унтарал цӏакъго хӏинкъулел рукӏана…\n— Социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабун букӏана ковидалъ гӏемерал чагӏи холел ругин абураб хабар. Гьединлъидал унтаралги цӏакъ хӏинкъун рукӏана. Ковидалъул гӏаламатал рукӏин лъайдал, цо-цо чагӏи цӏакъго хӏинкъун лъугьунаан. Гьединаб мехалда унтиги жеги захӏмалъулаан.\n— Жакъа Дагъистаналда ковидалъул рахъалъ кинаб хӏал бугеб?\n— Унти багъарун заман иналде, тохтурзаби ругьунлъана ковидалъ унтарал сах гьаризе. Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ гӏураб къагӏидаялда чӏезаруна ИВЛаппаратал ва дараби. Гьеб киналъулго хӏасилалда унтулезул къадар дагьлъана. РИБЦалъул нухмалъулей Равхӏаният Мирзаевалъухъа букӏинеселъе цебеккунго къимат кьезе бажариялъул хӏасилалда, «ковидалда дандечӏеялъе» нижер лъикӏаб хӏадурлъи букӏана, гьелъул лъикӏаб хӏасилги ккана. Къокъго абуни, тохтурзабазда кӏвана республикаялда ковид унти къезабизе.\n— Разият, гара-чӏвариялъул ахиралда магӏарулазда щиб абилеб ва кинаб малъа-хъвай гьабилеб?\n— Лъица щиб бицаниги, чара гьечӏеб ишлъун ккола щивав чияс вакцина гьаби.\nКовидалъул гӏаламатал тӏатани, мадар лъугьинегӏан хӏалтӏизаризе ккола аскорбин, интерферон, арбидол дараби, унти цӏикӏкӏине лъугьани, гӏедегӏе больницаялде.\nКовидалъул вирусазе бокьуларо бацӏцӏадаб, бухӏараб лъим. Гьединлъидал кӏварабгӏан гӏемер гьекъезе ккола лъамалъи.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялъул хӏалтӏухъабаз Разиятида ва гьелъ нухмалъи гьабулеб коллективалъул руччабазда баркула тӏаде щолеб бугеб ихдалил гьайбатаб 8 марталъул байрам. Гьарула киназего талихӏ, рохел ва сахлъи.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "11173-charangi-khiuligi-tsokhiogo-rekiel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11173-charangi-khiuligi-tsokhiogo-rekiel", "title": "Чаранги хӏулиги цохӏого рекӏелъ", "date": "2021-03-04 12:23:56", "categories": ["insan"], "text": "Бетӏергьанас кинабго\nБижун бугеб камилго\n— Мунги, дунги, дунялги,\nЗобги ракьги, рокьиги.\nРасул ХӏАМЗАТОВ\nМугӏрузда гӏурал гӏемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батула лъадарараб чаранги, ракӏ биунеб недегьлъиги. Жидеда бихьулеб къоялъул пикру гьабичӏого, бихьинчиясул къадру борхизабулеб, цо батӏияб пахрулъиги букӏуна гьезулъ. Мисалалъе букӏине гьаниб бицина Шамил районалъул Гьентӏа росулъ ккараб гьитӏинабго лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ.\nДадинибе тӏун щарги тун ун йиго чӏужу магъилъе. «Жакъа чӏужу йохизаюн лъикӏ», — инги абун, копоего чӏван, буссинеги гьабун тола росас щар. Къаси рокъое щведал рукъалъул ишалги тӏуран, чӏужу жуяла щар чӏвазе. «Вахӏ, гьалъул сас буссараб гӏадаб гурищ бугеб?» — инги абун, дадиние як- кидал, тӏад нахги ккун батула щар. «Вай, щийгӏаги ячӏун йикӏарай жакъа нилъехъе гьадигӏан лъикӏаб иш гьабизе», — йин гьикъула гьелъ росасда. Гьесги, велъулаго жаваб кьола, щийниги ячӏун йикӏинчӏин, чӏалгӏадего чӏван жинца буссинабунин. «Ия, щибжо-я? Унго, батиларо?! Росас чӏвалеб жойищ щар, росдадаго суриларищ нилъ?! Цеве чӏезавеха щар чӏвалев бихьинчи! Валлагьги хӏалтӏизабиларо дица гьаб кваниеги, хӏайваналъецин кьеларо!» — ян ахӏулаго, къвалакь дадги ккун, рагьдухъе уна гьей.\n«Йо, чӏужу, мун гьаглъунищ? Нахцин тӏаса босичӏеб щар кибе дуца тӏолеб?» — ин ахӏула росас.\n«Гьале гьанибе, мичӏчӏилъе! Нах бокьун букӏун батани чӏвачӏого тезе кколеб букӏана. Киндай вукӏана дадида нахъа, ва-гьа-гьай».\nГьале гъой чаранги хӏулиги рекӏелъ бугей магӏарул чӏужу гӏадан. Гьединал улбуз гӏезарурал васалги пахруял рукӏинарищха.\nЦОЦАЙ КЪУВАТ КЬОЛЕБ ЗОБГУН РАКЬ ГӏАДИН\nЦо нухалъ Гьентӏе щварав чи, макъратӏисалъ махх гӏадин, кӏиабизеги цӏцӏала гьениве. Жалго рокьизарулеб гӏаданлъиги, гӏадатлъиги, рекӏел гӏатӏилъиги буго гьезул гӏадамазулъ. Бищунго тату кьола гьезул харабазулгун накъиталъ.\nГьалбал тӏаде рачӏун бугеб рохел загьир гьабулаго щобил бакъан биччана нижее цо нухалъ, ункъоялда анкьилъе яхарай Дабдил Ахӏматӏил Патӏиматица.\n— Ворея, тӏадчӏвая мунги, — ян абуна гьелъ, къан дир кверги ккун.\nБажари бугей гӏадай жо йихьулей йигин мунилан тӏадеги жубана.\n-Эбел, гьай гьоболалъ кечӏ ахӏуларо, ахӏулезе хъвала, — инги абун, дун хвасар гьаюна гьелъул кӏудияй яс Патӏиматица. – Ва, гьеб жеги цӏакъаб гьунар, — инги абун, дир квер кӏобокӏана гьелъ.\nРигь арай Патӏиматица биччалеб бакъан камилаб бугониги, рагӏабазул мухӏканлъи гьечӏоан. Цо чанго соналъ цебе ккараб инсульталдаса хадуб, лъимер гӏадин цӏидасан кӏалъазе, галаби тӏамизе ругьунлъана гьей. Какилъ къосинчӏого йикӏине дугӏа-алхӏамги бугоан чӏахӏахатӏалъги хъван, Патӏиматида цебе къеда седон. Унтун хадуй Патӏимат лъималазухъ чӏечӏо, росасде, мина-къаялде мугъ рехун шагьаралда йикӏине бокьичӏолъиялъ.\n— Тӏад абизе рагӏи гьечӏеб, росуго берцин гьабулеб хъизан буго Магьдилазул Гъазимухӏамадил, — ин абула гьентӏасез.\nГьитӏинго Чачаналде гочинарун, гьениса магӏарухъе тӏад руссарал, рагъул заманалъул хъачӏлъи лъимерлъудаго лъарал, анкьго лъимер гӏезабулаго гӏемераб гӏетӏ тӏун магӏишат гӏуцӏарал гӏадамал руго гьел.\nНамусав, калам дагьав Гъазимухӏамадги аваданай, рагӏи бегӏерай Патӏиматги цоцае къуват кьолеб зобгун ракь гӏадин руго.\nБерцинго къачӏараб ахгун бахча, узданго сокӏкӏарал найил тӏалаби — бахилаб чӏаголъиялда цӏунун буго магӏишат, ункъоялда щуйилъе вахарав Гъазимухӏамадица. Магӏарухълъиялдаса тӏун рукӏине кӏоларел, росу-ракь къиматал гьезул лъималазги ризго бухьуна сапар эбел-инсухъе.\nЖАЛГО ХЕРЛЪАНИГИ, РАКӏАЛ ТӏЕГЬАРАЛ\nИргадулаб нухалъ гьезухъе гьаболлъухъ уней дихъ буго ахикьа бакӏарараб гьайбатаб тӏогьол квацӏи. Жалго херлъаниги, ракӏал тӏегьарал рос-лъади данделъаралдаса 60 сон тӏубай барки буго гьаб нухалда дир мурад.\nГьезул авал-къоноялдаса буго берцинго ахӏулеб мавлидалъул сас. Радалго райцентралде-нахъе гӏедегӏун хьвадулеб, росдал щибаб авалалде щун кинабго кавудахъ лъалхъулеб бихьулеб буго Гъазимухӏамадил хъахӏаб «Нива» машина. Мавлидалде рачӏине бажаричӏел росуцоязул щибаб гъасде жинцаго щвезабулеб буго гьес садакъа.\n— Гьадинаб къагӏидаялъ гьабун лъикӏин ккана дида ниж данделъиялъул юбилей, — ин абуна Гъазимухӏамадица дир баркиялъе жавабги гьабулаго.\nБечедаб тӏутӏ буго рокъоб гьалбадерие тӏибитӏун, нух битӏулаго щивасул кодоб лъолеб буго нигӏматазул къвачӏа. Кигӏан ресалда ругониги, лъималазул гъурущ гъорлъ жубазеги биччан гьечӏо гьез.\n— Жакъа гӏемерал гӏадамал рихьана, ракӏ цӏилъана, рохел буго кӏудияб, — ин абулеб буго гьалбал къиматай Патӏиматица разиго. – Гьалбал кваназаре, кодобе садакъа кье, — ян киназулго рагъа-ракариялда хадуб халкквейги бугоан гьелъул.\nГӏемер захӏмат бихьун берцинаб яшав гӏуцӏарал гӏадамал руго гьел. Лъималги куцана захӏмат бокьулеллъун. Чӏужуялъе недегьав вугониги, лъималазе Гъазимухӏамад вукӏана кьварарав. Гьесул васаз гьанжеги бицуна рукъалъул къед гьабулеб гамачӏ лъарахъ чуризе инсуца жалго тӏамиялъул. Школалдаса рачӏун хадув щивав васасда тӏад лъураб къадар ганчӏил щибаб батӏа-батӏаго чурун инсуда аскӏобе щвезабулаан.\nГъоб заманалда росабалъ къанагӏатаб маххул кварил хьури (сетка) хьухьунеб станок букӏана Гъазимухӏамадил рокъоб. Ясал, васал батӏалъи гьечӏого, киналго лъималазда тӏад лъураб план букӏунаан сетка хьухьизе. Школалдаса рачӏингун гьеб тӏадкъайги щивас тӏубалаан.\n— Бищун чӏахӏиялги рукӏун, сетка хьухьиялъул цӏикӏкӏун хӏал Мухӏамадидеги дидеги кколаан, — ин ракӏалде щвезабула Гъазимухӏамадил кӏудияй яс Патӏиматица. — Дирго планги тӏубазабун, магъилъе, колохъе ине гъира балаан.\nЗахӏматалъ черх лъадарарав Гъазимухӏамад пашманго валагьулев вуго гьанжесеб гӏелалъул гӏунгутӏабазухъ.\n— Телефоналде руссун лъимал рихьидал цӏакъ ракӏ унтула дир. Хӏалтӏизе ругьун гьарулел гьечӏо гьел эбел-инсуца. Щиб малъунги гӏадада тезе бегьуларо лъимал. Гӏолилал лъугьунел руго къо хӏехьоларел, захӏмат баччуларел. Гьелъ цӏикӏкӏунел руго гӏуцӏун рахъиналде риххулел хъизамалги. Гьаб гьарзалъиялъул къимат лъаларел наслаби гӏолел руго. Нижер гӏелалъул гӏумру захӏматаб бугониги, рекӏелъ цӏа, чорхолъ жан, жавабчилъи бугеб букӏана.\nАрмиялда хъулухъ гьабизе Украинаялде ккарав кӏудияв вас Мухӏамад, цӏализеги Одессаялъул университеталде лъугьана. Гьес хадур цӏан хутӏарал вацазги тӏадегӏанаб лъай Украинаялда босана. Гьенир цӏалулаго, къецазда гӏахьаллъун, Магьдиевазул васаз росана спорталъулъ чӏахӏиял бергьенлъаби. Вацазул лъабгояз яшав Украинаялдаго гӏуцӏана. Гьезул кӏудияв, халкъазда гьоркьосеб «Мангуст» спорталъул премиялъул учредитель Мухӏамад Магьдиев цӏар рагӏарав чи вуго. Гьесул хъулухъалъул, машгьурлъиялъул бажариялъул хӏакъалъулъ хадусеб нухалъ бицине тела. Къокъго абуни, эбел-инсул рокъор кьварараб низамалъ лъадаризарурал лъималаз жалго ругеб бакӏ берцин гьабулеб буго нилъер улкаялдаги гьеб бахун къватӏибги. Гьеб буго эбел-инсул анищ тӏубай. Магӏарухъ гьединал хъизамал гӏемер дандчӏвала. Кинаб заман бачӏаниги, как течӏел, жидер ракьалъул бакънал кӏочонарел, годекӏаниб гьуинаб накъит цӏунарал — гьединал гӏадамал ругебгӏан мехалъ букӏина росдал гӏумруялъул тату.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "11175-ikh-roguneb-giuzhalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11175-ikh-roguneb-giuzhalda", "title": "Их рогьунеб гӏужалда", "date": "2021-03-04 12:57:49", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Гьале исанаги их рещтӏунеб буго нилъер щивасул рекӏелъе рогьелги, рохелги, гьогьенги гьурщулаго. Дида чӏвалеб буго магӏаруллъиялъул махӏ. Мугӏрузда гӏадаб берцинаб ихги кибго букӏунеб батиларо. Гьелдаго цадахъ чӏвалеб буго лъимерлъиялъул махӏги. Ясазул къокъагун цадахъ марталъул байбихьудаго унаан дерец тӏугьдул ралагьизе. Дица хӏаракат бахъулаан бищунго цее ккезе ва, квераз гӏазуги нахъе гьабулаго, дерец балагьизе. Дун цӏакъ божулаан эбелалъ бицунеб букӏараб дерец тӏегьалъул къисаялда. Гьелъул талихӏаб ахирги букӏана: тӏоцебе дерецалда берчӏварав чи гьеб соналъ бищунго талихӏав вукӏунилан аби.\nГьабсагӏаталдаги ракӏалде щола дида эбелалъ сайгъат гьабун букӏараб дерец. Гьебги дихъе кьолаго, магӏил гаралги гирана гьелъул бадиса ва, зобалазде квералги ритӏун, Тӏадегӏанасда гьардана гьей жиндир ясалъе талихӏ кьейиланги абун. Гьеб дерец жеги цӏунун буго дица, пакеталда жанибги лъун. Бакъвараб гьеб чӏаголъулеб гӏадаб асар гьабула дир рекӏее, ихдалил ругьел щведал. Ракӏалда буго, дерец батараб мехалда, рикӏкӏунел рукӏарал жалги. Магӏнаги лъаларооан, лъачӏониги, рохунги рукӏунаан:\n— Ясал цӏилъун, цӏихер бижун, Дерец гӏинкълъун, гӏин цӏодорлъун…\nИхалда цадахъ нилъер гӏумруялъул гӏидраялдаги рещтӏуна роцӏарал пикраби.\nИхдалил цӏилъиялъ рекӏел хӏалги хӏайран гьабула. Хасалил хъахӏаб тӏимугъалъулгун къо лъикӏ гьабулаго, тӏабигӏаталъ къабул гьабулеб буго ихдалил ретӏел. Лъикӏаб хӏалалда цӏабуцӏинеги цӏабуцӏун, тӏабигӏаталъ тӏубанго тӏаса рехулеб буго хасалил форма. Ва гьале жиндирго кверщаликье ккараб тӏабигӏаталъул каранда ихалъ ретӏунеб буго, гӏурччинал маржаналги рекьун, чӏухӏизабураб гурде. Гьелда ругелщинал гӏаламаталги. Гӏурччинаб гӏидраги гьениб, гӏидраялда расандулел кьагӏазул гъадиги рагӏула гьениб, гьанжего гьанже тӏегьазе хӏалбихьулел кьер-кьерал тӏугьдузул нуралги гьенир, лъил каранда сунареб цӏа лъезедай жиб инейилан ургъулеб бугеб рокьул сариназул гучги гьениб, гьелчолеб талихӏалъул махӏалги гьенир…\nАбулаан их магӏарухъе, оцазул лълъурдуздаги бухьун, бачӏунилан. Гьелъул магӏна батила, ихдал рекьи оцаз гьабулеб заманалда, ракь рекьиялъухъ гӏащикълъун бугин абураб.\nЦӏияб их цӏияб талихӏгун ва цӏияб сахаватлъигун рещтӏун батаги. Нилъер киназулго анищалги цӏилъаги, пикрабиги цӏурайги, ихдалил сариназул сасги тӏагӏунгеги гӏумруялъул гӏидраялдаса.\nХӏурматиял руччаби! Гьале исанаги бачӏунеб буго их, нилъее жиндирго нигӏматалги росун.\nДидани, тӏоцебесеб иргаялда, ракӏалде рачӏана Хӏамзатил Расулил рагӏаби:\n— Щибаб март бачӏингун, магӏарул чӏужу,\nМахӏмудил хабада лъе ихдалил тӏегь.\nЦеве чӏолев вуго, гӏодизе магӏарул пандурги гьабун, чӏужугӏаданалде кучӏдул ахӏулев шагӏир.\nМугӏрул чӏужугӏадан! Дуде кечӏ хъвачӏев шагӏирго вугодай. Мун кӏодо гьаюлаго, тӏирщана берцинал гьезул шигӏраби. Дур берцинлъиялъухъги яхӏ-намусалъухъги гурищ жакъаги магӏу тӏолеб магӏарул тӏармил чӏвабзаз.\nИхдалил тӏабигӏат гӏадин, цӏилъиги чӏван, цӏаюцӏун ячӏуней йигей мун релълъун йихьула сверухълъиялъе берцинлъи кьолеб тӏогьол нуралда.\nХъизамалъул гъасда бакараб цӏаялъул бищунго хинлъи кьолеб хӏенехӏги мун, гӏумруялъул захӏмалъаби кӏигъеж гьарун раччизе кӏолеб жанги дур, кинаб букӏанигицин къуваталда къезабизе кӏолареб намусги дур, намусалъ бекӏкӏараб къисматги дур.\nМагӏарухъ роол гӏидраялда бижараб, дангъва тӏадегӏанаб тӏегьги мун, хасало гӏаздакьан баккараб дерецги мун, къисматалъул бакъул бищун кунчӏараб чӏорги мун.\nГьеле гьединай йиго мун, мугӏрул чӏужугӏадан, эбелги, яцги, ясги, гьудулги, лъадиги цолъун лъугьараб гӏумруялъ буцӏцӏараб квацӏи.\nИхдалил байрамгун, хӏурматиял руччаби.\nШ. ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "11258-giiyal-gan-100-g-urushchal-khiral-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11258-giiyal-gan-100-g-urushchal-khiral-ana", "title": "Гӏиял гьан 100 гъурущалъ хиралъана", "date": "2021-03-11 11:34:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда кванил нигӏматазул багьабазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицараб данделъи тӏобитӏана 9 марталда ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул бетӏерлъиялда гъоркь. Гьенир гӏахьаллъана цо-цо районазул нухмалъулелги.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна чара гьечӏого гӏадамазе хӏажалъулел цо-цо кванил нигӏматазул багьаби республикаяда гьабсагӏат чӏара-хьараб хӏалалда ругин. Амма тӏаде жубана ахираб кӏиго-лъабго анкьида жаниб гӏиял гьан циндаго хиралъанин. Гьедин 400-420 гъурщиде бахун буго гьеб.\nРосдал магӏишаталъул министр Батӏал Батӏаловас абуна гьеб бараб букӏанин гӏияхъабаз хасел тӏамулел бакӏазда гӏунгутӏаби загьирлъиялдаги, гӏияе кӏалцӏи-хер хиралъиялдаги, гьан гӏезабулеб гӏуж жеги щун гьечӏолъиялдаги. Хасалидагун ихдада гьоркьоб гӏадамазе гьан чӏезабизе дагьаб захӏмат букӏунин.\nГӏиял гьан хиралъичӏого букӏине гьаризе хӏисабалде росарал цо-цо тадбиразулги бицана Б. Батӏаловас. Гьан гӏезабулел чагӏазе бигьаго букӏине хӏукуматалъул рахъалдаса субсидиял кьезе рукӏиналъулги бицана росдал магӏишаталъул министрас. Амма кигӏанасеб къадаралда гьеб кумек щвезе бугебали чӏванкъотӏарал тарихал рехсечӏо.\nРосдал магӏишаталъул ярмаркаби тӏоритӏиялъги кӏудияб пайда кьолаанин кванил нигӏматазул багьаби хиралъичӏого рукӏиналъе, гьелги гӏемер тӏоритӏизе ккелин бицана данделъиялда.\nАхиралдаги Гӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна багьаби хиралъизе кинго риччазе бегьуларин. Гьединго гьес муниципалитетазул бутӏрузда лъазабуна росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазда бугеб хӏал бичӏчӏизабейиланги.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11259-subsidiyalgi-rol-gi-ched-bezhulezul-kharzhgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11259-subsidiyalgi-rol-gi-ched-bezhulezul-kharzhgi", "title": "Субсидиялги, ролъги, чед бежулезул харжги", "date": "2021-03-11 11:44:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул регионазда гьоркьоб бищун учузаб чед батун буго нилъер республикаялда. Гьеб рагӏула хӏукуматалъ чед бежулел чагӏазда кверчӏвалеб букӏиналъул хӏасил. Гьедин бицана ДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Эмин Шайххӏасановас.\nЩибаб соналъ нилъер республикаялда бежулеб буго чадил 250 000 тонна. Амма гьелъул гьоркьохъеб багьа 30 гъурщидаса тӏаде унеб гьечӏин абуна Шайххӏасановас. Гьелъие гӏиллаги — РФялъул хӏукуматалъул рахъалдаса щолел субсидияз квербакъи гьаби.\nРолъ ххенолел ва чед бежулел идарабазе кумек хӏисабалда, 2020 соналъул ахиралда чанго регионалъе улкаялъул хӏукуматалъ кьун буго 4, 7 миллиард гъурущ. Нилъер республикаялъе гьеб гӏарцуда гьоркьоса щун буго 80 миллион гъурущ. Амма телеграмм-каналазда хъвалеб буго гьеб субсидиялъул гӏарац дагьабги цӏикӏкӏун кьезе бегьулаанин нилъер республикаялъе. Щайин абуни, улкаялда гӏумру гьабун ругезул гӏаммаб къадаралда гьоркьоб, нилъер республикаялъул халкъалъул 2,1 процент буго. Амма тӏолабго Россиялъе бикьулеб субсидиялъул гӏарцуда гьоркьоб нилъее 1,7 процент гурони кьун гьечӏо. Экспертазул пикруялда рекъон, кумекалъулаб гӏарцул 0,4 процент тӏадеги щвезе тун гьечӏо нилъее. Гьелда рекъон, субсидиялъул гӏарцул щвезе кколаан 98 миллион гъурущ.\nЧадил багьа нилъер гьаниб бищун гӏодобегӏанаб букӏаниги щибин, ролъул хъапалъул багьа цогидал регионаздаго гӏадин бугониян тӏаде жубалеб буго социалиял гьиназдасан кӏалъалел экспертаз. Гьелъ бихьизабулеб бугин, респу- бликаялда чед бежулел бакӏазда хӏалтӏулел гӏадамазул мухь, цогидал регионазде дандеккун, дагьаб бугеблъиян рикӏкӏунеб буго гьез. Гьединлъидал субсидиялъул щибаб кепкил гьел киназего кӏудияб мунпагӏатги букӏинаанин.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11260-pajdayab-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11260-pajdayab-dandchivaj", "title": "Пайдаяб дандчӏвай", "date": "2021-03-11 11:48:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДАССР гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялда хурхун ва ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовасул «2021 сон — ДАССРалъ 100 сон тӏубаялъул лъагӏеллъун лъазабиялъул» хӏакъалъулъ указалда рекъон, республикаялда ва гьеб бахун къватӏиб гьарулел руго батӏи-батӏиял тадбирал.\nНижеца цебеккунги хъван букӏана РФялъул Федералияб собраниялъул Федерациялъул советалда ва Пачалихъияб Думаялда тӏоритӏанин ДРялъул къоялилан.\nГьелъул аслияб масъала букӏана республикаялъул социалиябгун экономикияб ва культурияб цебетӏеялъул бугеб ахӏвал-хӏал улкаялъул нухмалъулезда бихьизаби ва ругел гӏунгутӏаби тӏагӏинариялъе кумек тӏалаб гьаби.\nНилъер республикаялъе кӏвар цӏикӏкӏараб данделъиялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун кӏалъана С. Меликов. Нухмалъулесул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьуна Федерациялъул советалъул председатель В. Матвиенкоцаги.\nРеспубликаялъул нухмалъулев дандчӏвана федералиял министрзабигунги. Хасго пайдаяблъун ккана С. Меликовасул ва ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул Россиялъул росдал магӏишаталъул министр Д. Патрушевасулгун букӏараб дандчӏвай. Гьез бицана республикаялъул агропромышленнияб комплексалъул, мелиорациялъул, цӏибил гӏезабиялъул, ччугӏихъанлъи цебетӏезабиялъул хӏакъалъулъ.\n2020 соналда республикаялъ лъикӏал хӏасилал рихьизаруна могьолал культурабазул ва гӏаммаб тӏощалил къадар цӏикӏкӏинабиялда жанибги. Могьолал культурабазул бакӏарана 422,4 азарго тонна, пурчӏинадул — 111,6 азарго тонна, картошкадул — 357,1 азарго тонна.\nАмма республикаялъе зарал гьабулеб буго Дагъистаналъул северияб рахъалда, Нугъаялъул авлахъазда ругел мучӏдул салуца рахчизарулел рукӏиналъ.\nИсана гьеб бутӏа цебетӏеялъе Россиялъул «АПКялъул культураби экспорталде» абураб программаялдасан биччалеб буго 238,7 млн гъурущ.\nРоссиялъул федералиял министрзабазулгун гьарурал дандчӏваязул хӏасилалда къотӏи-къай ккана хадурккунги республикаялъул магӏишаталъул бутӏаби церетӏезариялъул рахъалъ чӏванкъотӏарал тадбирал гьаризе.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "11261-tumal-gochinariyal-ul-bitsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11261-tumal-gochinariyal-ul-bitsana", "title": "Тумал гочинариялъул бицана", "date": "2021-03-11 11:52:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "9 марталда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана Новолак районалъул гӏадамал цӏияб бакӏалде гочинариялъул бицараб данделъи.\nХӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас абуна 30 соналда жаниб тӏубан бахъунеб гьечӏила гьеб суал -зама-заманалдасан свинабулеб бугила гьениб газгун канлъи, рагӏаракьанде щун гьечӏила цӏадаздаса хадуб лъим чвахизе хӏажалъулел бакӏал гьари. Гьединал каналал гьечӏолъиялъ лъим кӏанцӏулеб буго шагьранухазде, росабалъе.\nГьал къоязда Москваялда, Федерациялъул Советалда Дагъистаналъул къоял тӏоритӏулеб мехалда, хӏукму гьабуна гьел нухал къачӏазеги, канализация гьабизеги 3, 5 млрд гъурущ биччазе."}
{"slug": "11262-tial-iyalda-barab-kiigo-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11262-tial-iyalda-barab-kiigo-k-o", "title": "Тӏалъиялда бараб кӏиго къо", "date": "2021-03-11 11:56:15", "categories": ["magiarukh"], "text": "Бакьайчӏиса махх бухулев Гӏабдулагьилги Махӏачхъалаялда жалакьурисес гьарурал гьунаразулги бицунаго, Хунзахъе щун ратана. Гьединал жал рицине пагьму бугилан, Бакьайчӏиса Шамилил Бахуда (Мухӏидинова) хӏайранлъун хутӏун нижги рукӏана.\nХУНДЕРИЛ ЯСАЛ\nГьейгун цадахъ дунги Тӏанусиса Расулил Шамайги (Хъазанбиева) Хунзахъе иналъе гӏиллалъун ккана хунздерица цо «гӏассияб» сухӏмат гьабулеб бугилан рагӏи. Гьениреги ниж хунздерил хӏакимзабазда ракӏалде щун гурел, Хунзахъа Раисат Гӏусмановалъ ахӏун къватӏире рахъун рукӏана. Бесдалазеги, рос- рукъ битӏичӏел улбузеги, язихъазеги жинца гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ ахӏи бачӏониги, гӏезегӏан лъалей гӏадан ккола гьей — Набил Мухӏамадил Раисат. Гьединай гӏадан йикӏиналъ Хунзахъ районалъул Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулейлъунги йищун йиго гьей.\nПалхӏасил, программаялда хъвавухъе, Хунзахъ гьабулеб бугоан руччабаздаги, умумузул кӏазаздаги, кванидаги хурхараб тадбир. Данделъиялде рачӏарал руччабазда байрам баркун бахъинегӏан, цинги культураялъул кӏалгӏаялъуб ихтилат байбихьизегӏан, хӏухьбахъизе ниж цин нижерго ишцояй, «Росдал захӏматчи» газеталъул бетӏерай редактор Камилил Фатимахъе раккана. Микьабилеб март кӏодо гьабилел лъаларого, байрамалде газета лъугӏизабилел лъаларого, кьалххариххун ругоан редакциялъул хӏалтӏухъаби. Гьелда гьоркьоб нижее гьоболлъи гьабизе заманги батана редакторалда.\nЛъаларезда лъазе букӏине бицун тела, Фатимаги йиго Раисатго гӏадай, речӏчӏани — къадалъ, къосани – хӏоболъин магӏарулаз абулей, кьучӏай гӏадан.\nЛъикӏги-квешги, ихтилат байбихьулеб заманги щун, ниж наиб Хӏажимурадил аллея къотӏун, Культураялъул кӏалгӏаялде къокъана. Хъахӏал-хъахӏилал гормендаби, месед бекьаралги бекьичӏелги японшалал, чилайдул симсал рарал дарайдул кӏазал чӏварал руччабазгун гӏолохъанал ясаз хасаб чӏаголъи лъугьинабун бугоан сверухълъиялда. Гьелъ ракӏалде щвезабуна моцӏалъ цебе рахатӏисез гьабураб гьелдаго релълъараб тадбир. Амма гьезул руччабазухъ жеги гӏертӏалги рукӏана.\nГӏУРУС МАЦӏ\nХундерил ихтилат берцин гьабизе жанахӏалъуб тӏибитӏараб тепсиялдаса куракулгун тӏидул карщазулги, ролъул могьолги, керосиналъул печалда тӏад режарал панкъазулги, гьоло чӏвараб гӏатӏал хинкӏазулги тӏагӏам босулаго, залалъусан рагӏулаан магӏарул кечӏ-бакъанги гӏурус гаргарги. Кечӏ ахӏулел, кьурдулел, декламациял рикӏкӏунел чагӏазул цӏарал рукӏана гӏурусалъ абулел.\nГӏодоса эхедего Аваристаналъул тахшагьарлъун рикӏкӏунеб букӏараб, магӏарул театралъеги кьучӏ лъураб Хунзахъцин магӏарул мацӏалдаса инкар гьабиялъе гӏилла щибин бачӏунеб букӏана суал. Гьелъие жаваб кьун бугоан ихтилат лъугӏун хадуб, кваназе гӏодор чӏараб бакӏалда районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатовалъ.\nХунзахъ гӏорхъаби цӏунулезда гъорлъ батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамал ругелъул, гьединал тад- биралги тӏубанго магӏарулалъ рачине бегьуларин, гьединго гӏицӏго магӏарул гурони мацӏ бицине бегьуларилан лъимал чӏезариги мекъаб бугин абураб пикру загьир гьабун буго гьелъ. Лъаларо, лъикӏищ гьеб, квешищали.\nАмма жибго сценаялда кьолеб концерт гӏезегӏан магӏнаябги балагьизе бокьулебги букӏана. Щибниги тӏадагьаб, цӏекӏаб жоги гьелъул программаялъулъ букӏинчӏо.\nМУХӏАМАД ХЪАЙТМАЗОВ\nИхтилаталда ясалги тун, дица тарихиябгун гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялде нух босана.\nГьенире унаго, лъалхъана редактор Фатимал эмен, мунагьал чураяв Камилица политикиял къурбанал ракӏалде щвеялъе гьабураб памятникалда цереги. Хунзахъа жеги кӏигоясги кумек гьабун буго гьесие гьеб базе.\nКамилил эмен Мухӏамад Хъайтмазов тӏагӏинавун вуго Нажмудин Самурский какаралъухъ. Жакъа къоялдаги гӏагарлъиялда лъаларо гьесул къисмат кин ккарабали. Бищун къваригӏараб мехалда Дарада-Мурада вахчунги чӏун, жидеда цадахъ хъачагъазда данде вагъизе лъугьинчӏин абун къватӏив чӏвазавун вуго гьес Хунзахъе вачӏарав Самурский.\nРеволюционер Муслим Атаевасул кагътал кколелъуре щвезаризе Хъайтмазовасда божилъи гьабулеб букӏун буго.\n1965 соналда Мухӏамад ритӏухъ гьавула пачалихъалъ. Амма гьесул вас Камилие нухал къалел рукӏун руго комсомолалде восизеги цӏализе лъугьинеги.\nИнсулги репрессиязде ккарал цогидал хунздерилги рухӏазе гӏоло лъураб гьеб памятникалда нахъа букъун буго Цӏоралдаса босун бачӏараб, наиб Хӏажимурадил жаназаги.\nМУЗЕЙ\nПалхӏасил, музей балагьулел рукӏана ниж.\nАмма кире ине кколелали нух бихьизабулел игӏланал къватӏазда чӏван ратичӏолъиялъ музеялде нух бахъизе захӏмалъана. Гьикъа-гьикъараз абулеб букӏана Загӏире унеб рахъалда бугин гьебилан.\nГьанжегӏагар музеялъул директорлъун тун вуго машгьурав тарихчи Хунзахъа Гӏалибег Хъазанбиевги.\nМузеялда бугеб анкьазаргогӏанасеб экспонаталъго гӏадаб асар гьабуна жибго гьелъул минаялъги. Гьединаб къагӏидаялда Испаниялдайищ, Португалиялдайищали бараб мина чанцӏулго халлъун букӏана дида интернеталдасанги.\nГьарилазул (Парилазул) рукъзалин абула хунздерица гьеб минаялда. Пари букӏун буго гьелъул бетӏергьан Чупалав Гӏалихъиличил лъадуда цӏар. Гьесул эмен Гьонодаса, эбел Хунзахъа йикӏун йиго. Эбел- эмен хведал, имгӏал Гьиматица Хунзахъе вачуна гьев. Хадув гьес гьев шагьаралде, милициялъул школалде цӏализе витӏула. Цинги хӏалтӏула наиблъун, Хунзахъ, Авар округалъул начальникасул кумекчилъун.\nГьес гьеб мина бан буго 1876 соналда. Рукъалъул чагӏи репрессиялде ккун хадуб, 1936 соналдаса нахъе 1993 соналде щвезегӏан, гьениб жаниб букӏана ретӏел-хьит, яги рокъоб къваригӏараб къайи-цӏа гьабулеб, къачӏалеб артель.\nГьабсагӏаталда республикаялъул Миллияб музеялъул филиаллъун ккола Хунзахъ бугеб гьеб музей. Магӏарухъ ругел музеязул бищун кӏудиябги буго гьеб. 1993 соналде щвезегӏан гьеб музей Гӏарани хъаладухъ букӏана. Гьебги гӏуцӏун букӏана ясазул школа-интернаталъул музеялъул кьучӏалда.\nМузеялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Шамил Гӏалиевас бицана кватӏичӏого гьениб тӏох къачӏазе, нуцӏби- гордал хисизе ругилан. Жеги гьес тӏаде жубана лъезе ругила дол церехун бицен гьабурал, нух бихьизабулел игӏланалги, къачӏазе бугила музеялде рачӏунеб нухги. Гурони, гӏемерисеб мехалда туристал рачӏунел гьечӏо гьенире. Хӏажат буго Туризмалъул министерствоялъ Хунзахъ музей туристазул маршруталда гъорлъ хъвазеги.\nТАРАН\nРайоналда бараб кӏиабилеб къо Бакьайчӏи ва Илълъа росабазда гьор- кьоб «Чиничӏиб» абураб бакӏалда таран балагьулаго ана дир.\nЩуго чиясда гьоркьоса цохӏо Хъаладухъа таксистасда гурони лъалеб батичӏо гьеб бугеб бакӏ.\nГӏорхъаби цӏунулезул къокъа чӏараб бакӏалда нахъехун буго гьеб. Тӏаде балагьун бичӏчӏулеб жо гьечӏоан. Ракьулъе бухъун гьабураб рукъ буго. Аскӏорегӏан индал, гордухъан бихьула жаниб чвалчвалиялда бугеб лъимги цо цӏулал гьарурал чархал гӏадал жалги. Бекьечӏдерица бицуна гьезухъеги, гинчадерихъеги, цӏигьулдерихъеги лъим кьабизе 1933 соналда немцазул инженераз ургъараб система бугин гьебилан. Гьелдаса нахъе хӏалтӏулебги бугила. Гъоркьа эхеде кьабулеб буго лъим.\nЖурналист Шамил Мухӏидиновасул ракӏалдещвеязда буго гьадин: «Гӏертӏахъе тӏун баччани гурого, гьениса эхедераялъ чвахун, лъим росулъе щолареблъиялда киназулго щаклъиго букӏинчӏо. Гьеб чвахизабизе бугин абидал, росдал годекӏаниб халат бахъараб релъи тӏибитӏана. «Гӏертӏица баччани бачӏунеб рагӏула» абун махсара гьа- булелги рукӏана. Росуги бахъинабун, байбихьана турбаби лъезе. Цӏунана инженерас бихьизабураб гъварилъи. Тӏалу бугеб бакӏалде тӏадеги, гьираз щиб, гьаказ щиб, баччана ракь. Байбихьана Чиничӏиб «таранал» абун цӏар бугел тӏаде чваххулеб лъел тӏадецуялдалъунги хӏалтӏун, эхеде- раялъ турбабахъан лъим кьабулел насосал лъезе…\nГьединаб «таран» Россиялдаго кӏиго гурони гьечӏинги рагӏана».\nПалхӏасил, немцаз бараб таранги бихьун, нижеца шагьаралде нух босана.\nХадусеб номералда жеги бицина Хунзахъ батаралъулги, рагӏаралъулги, бихьаралъулги.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11263-shchib-khial-bugeb-veteran", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11263-shchib-khial-bugeb-veteran", "title": "Щиб хӏал бугеб, ветеран?", "date": "2021-03-11 12:28:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьединаб цӏаралда гъоркь Дагъистаналда тӏобитӏизе буго ТОКСалъул 50 сон тӏубаялъул хӏурматалда хӏадурулеб акция. Гьеб байбихьана тӏоцебесеб марталда ва халат бахъине буго 15 апрелалде щвезегӏан.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул тӏадкъаялда рекъон, акция тӏобитӏулеб буго ДРялъул Гӏелмабазул гьитӏинаб академиялъ. Гьелда гӏахьаллъизе бегьула лъай кьеялъул идарабазул цӏалдохъаби, ТОКСалъулгун гӏагараб ракь лъазабиялъул гӏуцӏабазул ва школазул музе- язул хӏаракатчагӏи.\nАкциялда гӏахьаллъизе бокьарав цӏалдохъанас хӏадуризе ккола альбом яги суратазул коллаж. Гьелда рукӏине ккола «Дир умумул – Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи» яги «Росабазул, районазул, шагьаразул гӏадамазул захӏматалъулаб бахӏарчилъи» абураб темаялда хъварал очеркалгун интервьюял.\nХӏадурараб альбом битӏизе ккола гьаб адресалда бугеб ТОКСалъул музеялде: Махӏачхъала шагьар, Хважалмахьинская, 43А. Материал къабул гьабизе буго 10 апрелалде щвезегӏан.\nРехсараб акциялъул заманалда муниципалитетазда рукӏине руго субботникалги. Гьезул аслияб му- рад буго памятниказда, ветераназул цӏарал лъурал къватӏазда ва хӏухьбахъиязул ахазда рацӏцӏалъи гьаби, гъутӏби чӏей.\nАкциялъул хӏакъалъулъ баянал ратила гьаб сайталде раккани: https://dagman.ru/upload/iblock/5ae/5 aed2b3a149c977139b266a2477d3667. pdf"}
{"slug": "11269-salam-giagarab-tial-i-salam-dir-khunzakh-rajon", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11269-salam-giagarab-tial-i-salam-dir-khunzakh-rajon", "title": "Салам, гӏагараб тӏалъи! Салам, дир Хунзахъ район!", "date": "2021-03-12 06:24:14", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гьале гӏедегӏулей йиго нахъеги магӏарухъе, гӏагараб Хунзахъе. Гьаб нухалдаги- гӏажаибго берцинаб байрамалде, умумузул гӏадатал тӏад руссунел талихӏал лахӏзатазухъе гьоболлъухъ. Хъил тӏун цӏвакизарурал кӏичӏарал нухалги нахъа толаго, яхуней йиго хунздерил тӏалъуде.\nХунзахъ «шагьаралде» гӏагарлъулелъул, дандего бачӏана гьелъул тарих.\nНекӏсияб Хунзахъ. Дуца ракьалда бекьанщинаб гьунар, наслабазе тарабщинаб гӏакълу.\nГьаб баракатаб ракьалда бижанщинаб гьунар. Гьале жакъаги гьалъул гъасде тӏад руссунел руго умумузул гӏадатал. Жакъаги гьез магӏарул гъасда бакулеб буго цӏияб цӏа…\nСалам, гӏагараб тӏалъи. Салам, дир Хунзахъ район.\nУЛБУЗУЛ ХЪАХӏАЛ ШАЛАЛ\n— Магӏарул шал — хъахӏаб шал,\nЭбелалъул махӏ бугеб,\nЭбелалъул рохелги\nУгьдиги симсалъ лъураб\nБотӏрода чӏванщинахъе,\nДилъ пашманлъи рещтӏунеб,\nПашманлъиялъ кверги цӏан,\nЛъимерлъуде ячунеб…\nДагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъул поэмаялдаса гьал мухъалги рукӏана дир пикрабазда цадахъ — гьабсагӏаталда байбихьизехъин буго шалазул «парад».\nГьалеха хъахӏал гормендабиги шалалги чӏварал магӏарул ясаз берцин гьабураб горсвериялда гӏажаибаб чӏаголъи лъугьана. Кавказалъул рагъул бахӏарчи Хӏажимурадил цӏаралда бугеб аллеялдаса тӏаде рачӏунел руго магӏарул руччаби. Гьеб сипаталъулъ букӏанщинаб нур. Ахӏулаго кечӏгун, гьел цересан унелъул, цере рачӏунел рукӏана гьеб берцинлъи нилъее ирсалъе тарал, мугӏрул согӏаб тарбиялъул карачелалъ лъадарарал, жидер къвакӏинедегьлъиялъе мугӏрузгицин бутӏрул къуларал руччаби. Некӏогоялдаса рагӏун букӏинчӏо магӏарул булбул Парихан Мусаевалъул гьаракьги. Жакъа гьей йикӏана парадалъул цеехъанлъунги. Районалъул администрациялъул минаялде цере гьел щведал, яхӏго гьабизе кӏвечӏого, дунги цолъана хъахӏмаккалгун. Дидаги букӏиндалха симсалги халатаб, нахъасаги угьараб, черхго бахчараб хъахӏаб шал:\n— Магӏарул шал, хъахӏаб шал,\nНахъа терек угьараб,\nРасен бухьун сверухъе\nСимис рекъезабураб.\nКодоб босанщинахъе\nНилъер бидулъе унеб,\nДаим гьелда букӏуна\nЭбелалъул хасаб махӏ…\nГьеб руккелалъулъ парпалел рукӏарал хъахӏал шалазул щибалъул букӏана жиндирго къисмат. Щибалъ гьурщулеб букӏана магӏарул чӏужугӏаданалъул багьа тӏадегӏанаб намусалъул къиса. Рекӏелъ бессун чӏолеб татуяб махӏги чӏвалеб букӏана гьездаса:\n— Эбелалъ дие кьураб,\nДица жеги цӏунараб\nДирги буго хъахӏаб шал,\nЩулияб къисмат бугеб.\nМагӏарул шал щибалъулъ\nЖиндирго къисмат бугеб,\nКъварилъиги рохелги\nБиххун куназда лъураб…\nРайоналъул бетӏер Нурмухӏамад Зайдиевасул кӏалъаялъулъги бихьулеб букӏана бахчараб чӏухӏи — шалал чӏварал магӏарул руччабаздехун гьабураб гьесул кӏалъай рохеллъун чвахулеб букӏана сверухълъиялде. Ва дида цӏидасанги рагӏулеб букӏана шагӏиралъул гьаракь:\n— Даим гьелъулъ букӏуна\nЭбелалъул канаб нур,\nКодоб босанщинахъе,\nНилъер бидулъе унеб.\nДагъистаналъул ясал!\nНужеде дир аманат –\nУлбуца нахъе тарал\nШалазул къимат гьабе…\nМАГӏАРУЛ ГЪАСДА БАКАРАБ ДАИМАБ ЦӏАДУХЪЕ\nТадбиралъул кӏиабилеб бутӏалъун букӏана магӏарул гъасда бакараб цӏа. Гьеб цӏадухъе гӏедегӏулел рукӏана байрамалъул гьалбалги гӏахьалчагӏиги.\nГьале магӏарул печь. Гьениб беролеб цӏа. Цӏадул сариназухъе печалда тӏад гьалдолеб бугеб магӏарул могьол хьагги, корониб бежулеб чадил махӏги.\nГьелъул хӏалбихьизе иргаялда чӏарал гӏемерлъулел рукӏана, хасго беччараб чадил. Цӏурачадал-пурщабазулги, белъараб-бежараб бакь-гьаналъулги, могьолги, магӏарул ролъулги, цӏоросаролъулги, гьолочӏвараб гӏатӏалги хинкӏазулги, тӏехалъулги, тӏидукарщилги махӏаз ахӏулел рукӏана магӏарул кванил хӏалбихьизе.\nДагьаб добегӏан магӏарул гӏертӏалги, гулгуналги, щар чӏвалел дадалги. Гьенир данделъарал гӏолил ясаз хӏалбихьулеб букӏана, къвалги бан, гӏеретӏ баччизе.\nГьенибго — кечӏ-бакъанги. Гьалеха гӏенеккарал жиндир гьаракьалъ асир гьарулей Гӏайшат Тажудинова. Умумузул бакъназда гьелъ ахӏулел кучӏдуз дагьабги хинлъи кьолеб букӏана гъанситоялъе.\nГьале гьаб цояб рахъалда Патӏимат Султӏановаги. Жергъада килщалги кӏутӏун, гьелъ щобил бакъан биччайдал, кьурдул сверуде гӏедегӏарал гӏемерлъулел рукӏана…\nГьалеха байрамалъул гьалбалги — Шамил, Болъихъ, Чӏарада, Гъуниб районаздаса руччабазул советазул нухмалъулелги. Гьез щиялъги бицана жидерго районазда руччабазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nМахсара-хочӏги, ихтилат-кепги, адаб-хӏурматги — гьеб кинабго букӏана гьудуллъиялъул гӏаламатлъун. Гьеб тадбиралъ цолъизарурал магӏарулазул ракӏазулъ букӏараб чӏухӏиялъги берцин гьабун букӏана горсвери. Чӏухӏун рукӏана гьел тӏад руссун рачӏунел ругел умумузул гӏадатал къабул гьаризе рес щвеялдаса.\nБайрамалъул лъабабилеб бутӏаялда шапакъатал кьуна районалъул гӏумру цебетӏезабиялъулъ бутӏа лъолеб бугел цо-цо руччабазе. Гьезие ва районалъул тӏолалго руччабазе сайгъат гьабураб байрамалъул музыкалияб бутӏа нухда бачана культураялъул отделалъул нухмалъулей Жапарат Хъайтмазовалъ. Ихдалил байрамги руччабазда баркулаго, районалъул бетӏер Нурмухӏамад Зайдиевас тӏадегӏанаб къимат кьуна жакъа районалъул гӏумру цебетӏеялъулъ руччабаз кколеб бакӏалъе. Гӏумруялъул тӏугьдуллъун кколел руччабазда ихдалил рогьелгун, гьогьенгун бачӏараб байрам баркана районалъул батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулел ругел бихьиназги.\nРайоналъул «Гӏакаро» кьурдул ансамблялъ гьарурал кьурдабазги бицунеб букӏана хунздерил тарихалъулги. Ва ахиралдаги – улбузги кӏудиял улбузги ясазе ирсалъе толеб бугеб насихӏатазул гъамас рагьулеб лахӏзат. Гьениса кӏодоэбелалъ жиндирго ясалъул яги васасул ясалъухъе кьолеб буго цӏа. Гьеб цӏа цӏунизе ккола хъизамалъул гъасда чӏужугӏаданалъ. Гьединабго байбихьиги букӏана: кьурдухъаби-ясал ва щиялда аскӏоб бакараб чирахъ. Хъизамалъул канлъиги буго чӏужугӏаданалъул кодоб…\nЛъугӏана байрам, щивав гӏахьалчиясул рекӏелъ хасаб бакӏги тун.\nЦӏидасанги тӏад юссуней йиго тахшагьаралде. Къо-лъикӏ гьабулеб буго гӏагараб тӏалъиялъулгун. Чанцӏулго нахъги юссун, цӏидасанги салам кьолеб буго: — Салам, гӏагараб тӏалъи! Салам, дир Хунзахъ район!…\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "11270-zamanal-ul-matiu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11270-zamanal-ul-matiu", "title": "«Заманалъул матӏу»", "date": "2021-03-12 06:39:06", "categories": ["kultur"], "text": "Гьал къоязда басмаялда бахъана «Хӏакъикъаталъул» нусго сонилаб тарихалъул хӏакъалъулъ газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матӏу» абураб тӏехь.\nГьединаб басма республикаялъул цониги газет-журналалъул гьечӏо.\nП. Пайзулаевас гьелъие материал бакӏарана чанго соналъ. Гьелъие гӏоло гьев ваккизе ккана пачалихъ- иял архиваздеги. Гьанжеялдаса 70-80 соналъ церего газеталда хӏалтӏулел рукӏарал гӏадамазул хӏакъалъулъ хӏужаби гьенир гурони цӏунун хутӏун гьечӏо.\nТӏехь гӏуцӏун буго ункъо бутӏаялдаса. Гьениб бицунеб буго магӏарул газета тӏоцебе кин бижа- рабали, гьелъул бетӏерал редактораллъун щал рукӏаралали, батӏи- батӏияб заманалда газеталда кинал цӏарал рукӏаралали. Гьединго кьун руго тӏоцебесеб къоялдаса нахъе газеталда хӏалтӏулев вукӏарав щивав чиясул хӏакъалъулъ баянал ва батӏи-батӏиял гӏадамаз магӏарул газеталъул рахъалъ загьир гьарурал пикраби, кучӏдул, коллективалъул суратал.\nГӏемерисезе интерес ккезе бегьула советияб заманалъул байбихьуда газеталда рахъулел рукӏарал къокъал макъалабазулги. Тӏубан батӏиял руго гьез рорхулел суалалги макъала хъвалеб къагӏидаги. Масала, цояс хъвалеб буго жинца тӏаде босулила Гьоцӏалъ росдал жамагӏаталда цебе щибаб газета цӏализе. Харахьиса чияс мисалалъе восулев вуго росдал кооперативалде жиндирго лъабго хӏайван кьурав кверги гӏайибав Султӏан Сагӏадулаев. 1934 соналда къватӏибе биччараб газеталда хъвалеб буго Гъоркьа Жунгуталда магӏарул мацӏалъул щибго къадру гьечӏилан.\nПалхӏасил, кватӏичӏого Махӏачхъалаялда тӏобитӏизе буго гьеб тӏехьалъул презентацияги.\nГьеб босизе бокьарав чи «Хӏакъикъат» газеталъул бухгалтериялде вачӏине бегьула.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11271-khochbaril-vatianal-ul-tarikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11271-khochbaril-vatianal-ul-tarikh", "title": "Хочбарил ватӏаналъул тарих", "date": "2021-03-12 07:07:00", "categories": ["gara"], "text": "Гьал къоязда Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана «Хотода — родина легендарного Хочбара» абураб тӏехьалъул презентация.\nГьелъул автор ккола Шамил районалъул нухмалъулесул заместитель Махӏач Махӏачев. Тарихчи хӏисабалда тӏехьалъе цензорлъи гьабуна ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографи- ялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мачӏадаса Мухӏамад Шехмухӏамадовас.\nМахӏачица материал данде гьабизе байбихьун буго 15 соналъ цебего. Амма гьел рукӏун руго тӏехь хъвазе мурадалда гуреб, мунагьал чураяв эменгун цадахъ жидерго кьолбол хӏакъалъулъ ракӏарулел баянал. Масала, аслияб куцалда гьез тӏадчӏей гьабулеб букӏун буго кьолбол кӏудияв, Гьитӏинасул къисматалда хурхарал хӏужаби ралагьиялда. Гьев кколаан Шамилил наиб.\nГьедин анкьумумуздаса бахъарал жидерго наслуялъул чагӏиги тӏатинарун, Махӏачил хӏукму ккун буго росдал цогидал тухумазул хӏакъикъат лъазабизеги.\nГьадин бицана М. Махӏачевас «Хӏакъикъаталъе»:\n— Тӏехьалда гъорлъе рачинчӏого хутӏарал хӏужабиги ккана. Масала, анкьго соналъ наиблъи гьабурав Гьитӏинасул хӏакъалъулъ материал цинтӏаго гуро кодобе щвараб. Гьанжени кинабго роцӏанин ккараб мехалда тӏатунел рукӏана цогидалги хӏужаби. Битӏун тӏехь басмаханаялде кьураб заманалдаги загьирлъана гьес ва гьесухъе хъварал кагътал. Гьединлъидал дагьалъ чӏун гьездасан гӏуцӏараб монография биччазе ракӏалда буго.\nГьитӏинав 1851 соналда тӏамун вукӏана наиблъун. Анкьго соналдасан Буртунаялда чӏвана гьев. Доб мехалда доре-гьанире раччизе ресги букӏинчӏого, рагъухъаби хваралъурго рукъулел рукӏун руго. Амма Гьитӏинасул жаназа, Шамилил вас Гъазимухӏамадилгун гьудуллъиялда вукӏунищали, имамас, гьакидаги лъун, Хӏотоде битӏун бачӏун буго.\nМухӏамад Шехмухӏамадовги Шагӏбан Хӏапизовги Тбилисиялде индал, гуржиязул архивалда батун буго гьезда 1878 соналда биччалеб букӏараб «Кавказ» абураб Россиялъул политикияб газета. Гьелъул тӏоцебесеб гьумералда бахъун букӏана Хӏотода росдал хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Гьелъул ахада хъван букӏана байбихьи цересел номераздаги бугилан. Гьел номерал дида ратана Санкт-Петербургалъул архивалда. Гьедин нижер росдал гӏадамазулги рукӏа-рахъиналъулги хӏакъалъулъ макъалаби рахъун ругоан гьеб газеталда кӏиго соналъ тӏатӏалаго. Гьенибго хъван батана дида Шамилил заманалда Хӏотоде гьоболлъухъ вачӏунаанин Чӏаралъулгун Белоканалъул наиб Батӏракъил Мухӏамадгӏали. Гьесул гьобол вукӏун вуго нижехъа Гӏалигӏумар — Шамилил мурид. Шагӏбан Хӏапизовасул макъалаялда хъван буго гьесул ирсилазул цояв Мухӏума Чӏегӏерчиев ДГПУ- ялъул профессор кколилан. Дица презентациялде ахӏана гьев, амма щаяли бицинчӏо. Гьенивго вукӏана дов мурид Гӏалигӏумарил цӏар лъурав чиги. Цинги гьезул лъайхъвайги гьабун, бицанаха 170 соналъ цере нужер умумул рукӏун ругин цоцазулгун гьоболлъи рагӏизабурал чагӏи, гьанже нуже- цаги гьабизе бегьулин гьебилан. Гьеб хӏужаялъги кутакалда хинаб асар гьабуна киназего.\n— Гьединал росабазул тарихалъул тӏахьал хъвалел цо-цо чагӏаз жиде-жидерго тухумазе цӏар-реццги гьабулеб буго…\n— Гьедин гьабулеб букӏиналъ кӏудиял чагӏаз абуна дида гьединал жалаздаса цӏунизе хӏаракат бахъеян. Нилъерго тухумалги реццун, цогидазул лъикӏал ишал тӏаде нуцӏаги къан толел ругони, гьеб жо росабазул тарих бихьизаби гуро, хас гьабун жидерго тухумазул тарихалъул бицин буго. Цо талихӏалъ, Мухӏамадицаги (Шехмухӏамадовас – ред.) кутакалда халкколеб букӏана гьеб рахъалъ щибниги тохлъи борчӏиладаян. Гьелъги батила, росуцоязеги цӏакъ бокьана гьеб тӏехь. Кӏиабилебги бахъизе ракӏалда буго.\nГьениб аслияб куцалда росдал тарихалъулги, маданияталъулги, рукӏа-рахъиналъулги хӏакъалъулъ хъван буго. Масала, нижер росулъа 14 чи вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъдеги ун, тӏад вуссинчӏев. Гьезул анцӏгояв вукъарал бакӏал лъазаризе кӏвана Оборонаялъул министерствоялъул архиваздасан.\nДагьа-макъабго топонимикаялъулги бицунеб буго. Масала, росдал цӏар бачӏун буго хӏет (ковыль) абураб рагӏудаса.\n— Тӏехьалда цӏар Хочбарида хурхинабун гуреб, батӏайисан лъезе ракӏалда букӏанищ?\n— Тӏехь биччаялъул пикру рекӏелъе лъугьарабго, тӏоцебе гьеле гьеб цӏар чӏана дида цебе – «Хотода — родина легендарного Хочбара». Цояс абуна «легендарного» абураб бакӏалда «гидатлинского» лъезе бегьуларищан. Амма Хочбар гӏицӏго гьидерил гуревги, эркенаб пикруялъул жамагӏатазулги вакиллъун вукӏана.\nГара-чӏвари гьабуна З. ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "11272-khialtii-gechiogo-chi-khutiularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11272-khialtii-gechiogo-chi-khutiularo", "title": "Хӏалтӏи гьечӏого чи хутӏуларо", "date": "2021-03-12 07:13:59", "categories": ["gara"], "text": "Бащдаб гӏасруялъул тарихалда жаниб ДРялъул Бакӏал раялъул ва къачӏаялъул колледжалъул педагогикияб коллективалъ хӏадурана тӏадегӏанаб махщел-гьунаралъул щуазаргоялдасаги цӏикӏкӏун специалист. Жакъа гьеб колледжалда лъай-махщел кьеялда бугеб ахӏвалхӏалалъул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна РФялъул профессионалияб лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан, директорасул заместитель Месед Дайтбековалъулгун.\n— ДАССРалъул Госкомитеталъул профессионалиябгун техникияб лъай кьеялъул отделалъул буюрухъалда рекъон, 1975 соналъул 24 июналда рагьана «Шагьаралъул гьоркьохъеб ПТУ №17». Училищеялъ хӏадурулаан отделочникал, ралел бакӏазул мастерал, махх регъеялъул специалистал, электромонтажникал ва сантехникаялъул слесарал. ПТУялда хӏадурарал специалистал хӏалтӏана БАМалда, Комсомольскиялъул Амуралда, «Москва» абураб Олимпиялъул росу баялда.\n1990 соналда СГПТУ №17 хисизабуна ПТУялде, 1997 соналда — ПУ №17-ялде. 2014 соналъул 13 марталда ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялдалъун, ПУ №17-ялъе кьуна «Республиканский строительный колледж №1» абураб статус, — ан бицана М. Дайтбековалъ.\n— ПТУ колледжалде хисизабиялъул кинаб хӏасил ккараб?\n— «Об образовании» абураб законалда рекъон, колледжалъул даража ва студентазул цӏалиялде тӏалабал цӏикӏкӏана. Гьеб законалъ нахъе рехана «байбихьул профессионалияб лъай кьеялъулаб» къагӏида, гьелъул бакӏалда бачӏана гьоркьохъеб ва тӏадегӏанаб профессионалияб лъай кьей. Дагъистаналда киналго ПТУял колледжазде сверизаруна.\nЖакъа колледжалде цӏализе росулаго, хӏисабалде росула аттестаталда ругел къиматазул гьоркьохъеб балл, пагьму-бажариялъул творческиял гӏаламатал.\n— Кинаб бугеб колледжалъул материалиябгун техникияб база, преподавателазул ва мастеразул лъаймахщел?\n— Колледжалда гӏуцӏун буго экзаменал кьолеб къагӏида. Руго гьаб заманалъул алатаздалъун хьезаруралги цере рукӏарал алатал нахъе цӏунаралги мастерскаял.\nГьанир хӏалтӏулел гӏемерисел мастерал руго хӏалтӏул хӏалбихьиги махщелги бугел чагӏи. Нижер штаталда вуго 95 преподаватель ва мастер: гьездасан — цо педагогиял гӏелмабазул доктор ва кӏиго кандидат, 24 тӏадегӏанаб ва тӏоцебесеб категориялъул преподаватель. Студентазул цӏалулаб практика букӏуна колледжалда, байбихьулаб махщелги гьезие мастерскаязда щола. Колледжалда руго цӏулал устарлъиялъе, ралел бакӏазе, элекромонтажниклъиялъе, махх регъеялъе, автослесарлъиялъе цӏалдолел ругьун гьарулел мастерскаял. Нижехъ цӏаларал специалистал рикӏкӏуна бокьараб бакӏалда хӏалтӏизе бажарулеллъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула, производственни- яб практикаялде арал студентал хӏалтӏизе росулел рукӏиналъги.\n— Колледжалда кинал махщелазе ругьунлъизе рес бугеб?\n— Гьанир хӏадурула къого батӏияб махщалил специалистал: ралел бакӏазул киналго махщелчагӏи, ав- томеханикал, богогьаби, кондитерал, ратӏлил устарзаби, электромонтажникал, информациялъулабгун технологиялъул, тӏадагьаб промышленносталъул специалистал, гьединго унтарал чагӏазе хъулухъ гьабулел медсестраби.\n— Колледж лъугӏаразе хӏалтӏи балагьиялъе нужеца кумек гьабулищ?\n— Гьабула, директорасул заместитель Махӏач Гӏабдурахӏманов ккола колледж лъугӏарал чагӏи хӏалтӏудалъун хьезариялъе кумек гьабулев чи. Практикаялда нижер студентазул махщел бихьун, гьениса чагӏи рачӏуна гьел хӏалтӏизе жидехъе ритӏеян гьарун. Аслияб къагӏидаялда, гьел ккола жалго бетӏергьанал фирмабазул бетӏергьаби. Амма, гӏемерисебго, колледж лъугӏараз хӏалтӏи жидецаго балагьизе ккола.\n— Цебе ПТУ рикӏкӏунаан «хӏалакъабго» цӏалиялъулаб бакӏлъун. «Лапшаедал» абун, гьенир цӏалулел лъималазда тӏадги релъулаан. ПТУялда цӏализеги унаан мукъсанаб лъаялъул ва гӏадлу хварал лъимал. Жакъа гьеб рахъалъ кинаб хӏал бугеб?\n— Цебе ПТУ букӏана хӏукуматалъул хьезабиялда, цӏалдохъаби гьенир чӏорого кваназарулаан, кьолаан общежитие. Гьел бигьалъаби тарихалде ана, къокъго абуни, жакъа нижер студентазе «лапша» щоларо.\nЖакъаги колледжалде лъугьарал гӏемерисезул буго мукъсанаб лъай. Тӏоцебесеб курсалда нижеца гьезда школалъул программа малъизе ккола. Хадусел курсазда бищунго гӏадатиял ругьунлъабаздаса байбихьун, букӏуна профессионалияб хӏадурлъи.\n— Стипендия кигӏан кьолеб?\n-Лъикӏ цӏалулезе — 626, социалияб стипендия — 868 ва социалияб пособие — 5044 гъурущ.\n— Колледжалда чан чи цӏалулев вугев?\n— Нижер вуго 1448 цӏалдохъан. 2020/2021 цӏалул соналда нижеца бюджеталъулаб цӏалуде восана 475 чи, гӏарац кьезе кколеб цӏалуде — 165 чи. Ахирисез — лъагӏалие 42000 гъурущ кьола.\nДРялъул мустахӏикъай учительница, директорасул тарбия кьеялъулаб бутӏаялъул заместитель Эмма Башировалъ студентазул гӏадлунизамалъул хӏакъалъулъ бицунаго тӏаде жубана:\n— Колледжалда буго старостабаздасан гӏуцӏараб жидерго идара. Мастерал-кураторалгун цадахъ, гьелъ нухмалъи гьабула курсазул ва группабазул студентазул жамгӏиял ишазе.\n— Колледж лъугӏарал чагӏазе рес букӏунищ вузазде лъугьине?\n— Гьел цӏализе лъугьине бегьула Россиялъул бокьараб вузалде. Гьезие хӏажалъуларо ЕГЭ, гьел цӏализе лъугьуна экзаменалги кьун. Аслияб къагӏидаялда гьел лъугьуна техникиял, аграриял, халкъиял магӏишатазул, педагогикиял университетазде. Багӏарал дипломал щварал чагӏи, экзаменал кьечӏого, ай конкурс гьечӏого росула Россиялъул бокьараб вузалде. Жидерго махщалида рекъараб вузалде унел ругони, гьел росула кӏиабилеб курсалде. Нилъер республикаялда гьединаб къагӏида гьечӏо.\n— Цебе ПТУялда цӏалдохъабазе общежитие чӏезабулаан…\n— Колледжалъул буго 280 чиясе бакӏ бугеб общежитие. Гьениб жалго студентаз ремонт гьабулеб буго, хьул буго бачӏунеб цӏалул соналъниги общежитие хӏалтӏизе биччалин абураб.\n— Эркенаб заманалда хӏухьба хъиялъе кинал шартӏал ругел?\n— Спортзалалда руго волейболалъул, баскетболалъул ва гугариялъул секциял, хинал къоязда майданалда рукӏуна футболалъул хӏаял. Руго богогьанлъи-кондитерлъиялъе ва рукъарухъанлъиялъе ругьун гьару- лел кружокал, кечӏ-бакъаналъул коллектив.\n— Студентаз гӏадлу хвезабиялъул гӏарзал рукӏунищ?\n— Нижехъе рачӏуна захӏматал, эбел- инсуда квегъизе кӏвечӏел лъималги. Сордо-къоялда жаниб 24 сагӏаталъ букӏине ккола гьезул гӏадлуялда ва хьвада-чӏвадиялда хадуб кьварараб халкквей. Бичӏчӏизабула гьел ПТУ- ялда гурел, колледжалда цӏалулел рукӏин, гьелда рекъараб, ай къадру- къимат цӏунараб букӏине кколин хьвада-чӏвадигиян.\nНизам хвезабулел чагӏазе гӏадлу гьабула. Кӏудияб гӏилла ккечӏого студентас 72 дарс гьоркьоб биччани яги гьесие лъабго экзаменалъе кӏийилаб ккани, гъалмагъиралда гӏахьаллъун ватани, гьев колледжалдаса нахъе рехула.\nКиналго юристаллъун ва экономисталлъун цӏализе унеб заман тарихалде ана. Колледжалда лъикӏаб лъай-махщел щварал специалистазе юристаздасаги экономистаздасаги гӏемерго цӏикӏкӏараб харжги щола. Нижеца малъун, гьезда лъала гьитӏинаб предприятие (ИП) гӏуцӏизе ва гьеб цебетӏезабизе.\nКолледжалъул масъалабазул бицунаго, ДРялъул мустахӏикъав учитель, РФялъул профессионалияб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан, бакӏал раялъулаб отделениялъул заведующий Мухӏамадбек Израиловас абуна: «Лъикӏ букӏина ДРялъул Ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министерствоялъ студентазе практика тӏобитӏиялъе ралел бакӏазул майданазул рахъалъ кумек гьабуни. Колледж лъугӏиялъул экзаменалги гьенирго кьезе бегьилаан. Гьединго ралел бакӏазул фирмабазул нухмалъулезеги рес букӏина жидеего къваригӏарал специалистал гьенисаго тӏаса рищизе.\nНижер преподавателазул ва мастеразул гьоркьохъеб харж буго 14500 гъурущ. Мукъсанал харжал рукӏиналъ, спецпредметазул преподавателалги мастералги нижехъе хӏалтӏизе рачӏунел гьечӏо, рачӏаралги лъабго-ункъо моцӏидасан нахъе уна».\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "11273-mal-arabgi-gabun-gik-arabgi-bitsun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11273-mal-arabgi-gabun-gik-arabgi-bitsun", "title": "Малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун", "date": "2021-03-12 07:22:12", "categories": ["gara"], "text": "Тукада хвараб къайи ялъуни заман араб нигӏмат бичани, кафе-рестораналда тӏагӏам гьечӏеб квен кьуни, бацӏцӏад гьабизе химчисткаялде кьураб ратӏлил ва цогидалъул кьер инабун батани, гӏемераб заманалъ хинлъи гьечӏого мина-рукъ тани, почалдасан битӏараб посылка жиндир заманалда щвезабичӏони, щиб гьабизе кколеб? Гьезие жаваб кьезе кколел идарабазул цояб ккола потребителазул ихтиярал цӏунулеб комитет. Гьелъул нухмалъулевлъун вуго Чӏарада районалъул Улъухъ росулъа Гӏали Гӏалиев. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвариги.\n— Гӏали, дуца нухмалъи гьабулеб комитет гӏуцӏаралдаса ана 30 сон. Гьеб гӏуцӏиялъе щиб хӏажалъи букӏараб?\n— Советияб заманалда шагьаразул ва районазул исполкомазда цере рукӏана гӏадамазул къварилъи- гӏатӏилъиялда хурхарал суалал тӏуралел отделал. Пачалихъалда хиса-басиял байбихьарал соназда хисана гьеб низам, къана отделал ва гьеб хӏалтӏи тӏаде ккана жалго гӏадамазде, жамгӏиял гӏуцӏабазде. Гӏемераб заманалда халкъияб халгьабиялъул идараялдаги хӏалтӏарав, хӏалбихьиги бугев Хӏажимурад Данияловас ва цогидал хӏаракатчагӏаз 1991 соналда гӏуцӏана гьеб комитет.\nХӏ. Данияловасда цадахъ хӏалтӏана дун 10 соналъ. Дица лъугӏизабуна ДГУялъул дармилаб факультет, хьвадана экспертазул курсазде, буго жеги лъугӏизабичӏеб юридикияб цӏали.\n— Щиб иш нужеца тӏубазабулеб? Республикаялда гӏемер ругищ нужер гӏадинал гӏуцӏаби?\n— Нижеца цӏунула къварилъиялде ккарал, махсараде ккурал потребителазул ихтиярал. Дир руго заместителал, вуго 3-4 инспектор. 14 районалда рукӏана нижер вакилзаби, гьабсагӏаталда вуго 7-8 чи. Гьел лъикӏ хӏалтӏула Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, Избербашалда, Буйнакскиялда, Болъихъ. Батӏи-батӏиял цӏаразда гъоркь гӏезегӏан руго нижерго гӏадинал, амма уставалда рекъон хӏалтӏуларел гӏуцӏабиги. Юстициялъул министерствоялъ 3-4 гьединаб гӏуцӏи къана, амма къаниги щиб, заманалдасан цӏи-цӏиял загьирлъула. Цохӏо нижер комитеталъул буго Роспотребнадзоралъулгун цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъе гьабураб къотӏи-къай. Нижеда цадахъ буго «Гарантия безопасности прав потребителей» абураб цогидаб гӏуцӏиги.\n— Щал нужехъе рачӏунел, аслияб куцалда кинал гӏарзал гьезул рукӏунел?\n— Къваригӏанщинаб лъазе, хӏажатал баянал ралагьизе ресалги сурсаталги ругониги, гӏадамазда лъалел гьечӏо жидерго ихтиярал, гьезие гӏолеб гьечӏо юридикияб лъай. Гӏарзалги цӏикӏкӏунел руго, амма гӏемерисезе бокьулеб гьечӏо суал судалде ккезе. Гьелъие гӏиллаги батилин ккола нилъер гӏадатгӏамалалъул хаслъи. Гӏемерал гӏарзал рукӏуна туризмалда хурхарал суалазда тӏасан, гӏодобегӏанаб даражаялда руго жалго бетӏергьанал медучреждениязул хъулухъал, цӏикӏкӏунеб буго косметологиял кабинетазул хӏалтӏудаса рази гьечӏолъи. Цӏакъго гӏемерлъун буго гьересияб къайи-цӏа, гӏемераб ретӏел холеб буго химчисткабазда, рокъоб хӏалтӏизабулеб техника батулеб буго даража гьечӏеб. Гьабсагӏаталда хӏалтӏизе биччалеб буго цӏияб, гӏемерисезда жеги лъалареб «Честный чек» абураб программа. Щибаб къайиялда тӏад букӏуна код ва гьелда рекъон кьола чек. Нагагьлъун чекалъ гьеб босичӏони, къайи ккола гьересияб. Гьединаб чекал- де дандекколедухъ кинабго къайи жеги хӏадурун гьечӏо, амма хӏалтӏи гьабулеб буго. Ниж хӏалтӏула «Общественно-государственный фонд по защите прав вкладчиков и акционеров РД» абураб гӏуцӏигунги. Гьединлъидал нижехъе гӏезегӏан ккола махсараде ккурал дольщикал ва гьеб тайпаялъул цогидал гӏадамал.\n— Потребителазе бигьаго букӏунарищ, гӏарзалъ нужехъе рачӏин чӏого пачалихъиял идарабазде ине?\n— Пачалихъазул идарабаздеги (Роспотребнадзор) ине бегьула, амма гьединаб мехалда, судалде щвезегӏан нижеца гьесие гьабулеб хӏалтӏи, гьес гьабизе ккола жинцаго. Гьеб идараялъулгун лъикӏаб бухьенги буго нижер, цо-цо мехалда гьезги ритӏун рачӏуна гӏадамал нижехъе кумек гьа- бейин абун.\n— Гӏемераб заман хвезабизе- ги кколеб, щибго мухьги гьечӏеб хӏалтӏи кколеб гьечӏищ нужер?\n— Гьеб буго баркалаги щолеб, кириги бугеб, гӏадамазе пайдаяб хӏалтӏи. Буго кӏиабилеб рахъги. Масала, цо чияс тукадаса босана 100 азарго гъурщил багьаяб диван ва гьеб батана хвараб. Законалда рекъон гьеб бичарасда тӏад пачалихъалъ лъола гӏакӏа — багьаялъул 50 процент, ай 50 азарго гъурущ. Гьелдаса 50 процент кьезе ккола нижер комитеталъе. Амма Россиялъул Верховный судалъул хӏукмуялъ судиязе рес кьуна гьеб процент гӏодобе бачине (25-20-ялде щвезегӏан). Ми- салалъе, гьебго куцалда нижеда ратани цоги гъалатӏал — къайиялда тӏад багьа, гьеб къватӏибе биччараб пачалихъ хъвачӏого тей, бича-хисиялъул низам хвезаби, тукен нижеца кьола судалде. Гьелъул хважаин судалъ тӏамула нижер захӏмат ва арал харжал рецӏизе. Нижеца школазда, техникумазда кьола дарсал, тӏурала юридикиял хъулухъал ва гьарурал къотӏи-къаязда рекъон гьезухъаги щола гӏарац. Комитеталда цебе гӏуцӏун буго «Правовой центр». Потребителазул ихтиярал цӏуниялда хурхинчӏел суалазе гьелъ кьола жавабал.\n— Пачалихъалъул идарабаздасан букӏунищ нужее квербакъи?\n— РФялъул ва ДРялъул хӏукуматазул хӏукму буго пачалихъиял идарабазда тӏадаблъун гьабураб ниж гӏадал гӏуцӏабазе кумек гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Нижее кьун буго гьитӏинабго кабинетги. Амма нижедаса пачалихъалъе буго чӏванкъотӏараб кумек. Мисалалъе, нижер халгьабиязул хӏасилазда загьирлъула кибниги хъвай-хъвагӏай гьечӏел предпринимателал. Къабул гьарурал къотӏи-къаязда рекъон гьединал хӏужаби нижеца лъазарула налоговиял идарабазда ва гьел лъола хӏисабалда.\n— Лъилниги гӏарз гьечӏони, предпринимателазул хӏалтӏул хал гьабизе ихтияр бугищ нужер?\n— Предпринимателазул хӏалтӏуе квалквал гьабунгутӏизелъун, пачалихъалъ гӏемерго дагь гьаруна гьединал хал гьабиял. Гьанже гьел тӏоритӏула лъабго лъагӏалида жаниб цо нухалда. Гьеб болжалалда жаниб хал гьабиял тӏоритӏула жамгӏиял гӏуцӏабазги. Амма законалъ гьукъун гьечӏо бокьараб заманалда гъалатӏал загьир гьаризе. Нижеца нижеего чӏезабун буго гьадинаб низам — бокьараб объекталъул (тукен, кафе, салон) хал гьабула лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъ. Тӏоцебесеб нухалда бицуна тӏубазе тӏадаб ишалъул хӏакъалъулъ, малъула гьабизе кколеб. Кӏиабилеб нухалда (6 моцӏидасан) балагьула гьез тӏадаб иш тӏубан бугищали. Нахъеги гъалатӏал ратани, иш судалде кьола.\n— Мисалалъе, пуланав чияс тукадаса босана къайи. Гьеб батана хвараб. Батӏи-батӏиял гӏиллабиги рачун, тукадул администрациялъ гьеб нахъе къабул гьабулеб гьечӏо. Гьединав чияс кин нужергун бухьен кквезе ва кинаб кумек нужедаса щвезе бугеб?\n— Гьес ахӏизе ккола нижехъе, хӏажалъи ккани вачӏинеги бегьула. Хӏакъикъат лъазабун хадуб, нижеца гьесда кинабго бицуна, малъула. Цинги байбихьула нижерго хӏалтӏи. Гӏемерисеб мехалда гьединал суалал дагӏба-рагӏи ккезе течӏого тӏурала. Гьединаб суал судалде ккечӏого тӏубани, ай потребитель витӏарав вукӏин чӏезабуни, гьесие бецӏула ккараб материалияб ва, дагьаб мукъсанаб бугониги, моралияб зарал. Гьеб кинабгоги бахъула тукадул хважаинасухъа.\nАхиралдаги, дир буго гьадинаб гьари. Гӏемерлъун буго хӏалихьалъи, чороклъи. Гьединлъидал гьабе цӏодорлъи, чӏоге махсараде кквезе. Божуге бица-бицаралда, социалиял гьиназда ва рекламаялда хъванщиналда. Щаклъи ккани, кӏалъай нижехъе («Горячая линия», телефон 8928-056-19-66). 16 марталда сагӏат кӏигоялда Миллияб библиотекаялда тӏобитӏизе буго нижер гӏуцӏиялъул кӏудияб данделъиги. Бокьараб суалгун рачӏине рес бугел киналго ахӏула дица гьениреги.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "11378-melikovasgi-titovasgi-biznesal-ul-bitsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11378-melikovasgi-titovasgi-biznesal-ul-bitsana", "title": "Меликовасги Титовасги бизнесалъул бицана", "date": "2021-03-18 08:07:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "16 марталда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчӏвана предпринимателазул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ РФялъул прези-дентасда цеве вугев вакил Борис Титовгун.\nТитовас бицана пандемиялъул заманалда улкаялъул бизнесменазе зарал кканин, амма нилъер республикаялда лъикӏаб иш гьабун бугила гьел бизнесменазе цо-цо налогал бигьалъизариялдалъун. Гьеб рахъалъ жеги пайдаял хӏалтӏаби гьаризе хӏисабалде росун ругилан.\nМеликовас кӏвар буссинабуна республикаялда гьоркьохъеб даран-базар цебетӏезабизе къваригӏун бугилан. Гьединго туризмги бугила аслиязул цояб. Амма гьелъие хӏажалъулел гостиницабиги цогидабги базе гӏицӏго республикаялъухъа бажаруларин къватӏиса кумек гьечӏогоянги тӏаде жубана С. Меликовас.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11379-l-im-k-otiani-gab-shagar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11379-l-im-k-otiani-gab-shagar", "title": "Лъим къотӏани, гьаб шагьар…", "date": "2021-03-18 08:09:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 марталдаса байбихьун Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун ругел гӏемерисел гӏадамал хутӏана лъимги гьечӏого.\nМиякьоса бачараб лъел мухъалда аварияги ккун, къотӏана тахшагьаралде лъим. Авариялъул хӏасилалда лъимги гьечӏого хутӏана тахшагьаралъул лъабабго районалда гӏумру гьабун ругел гӏадамал.\nАмма ахӏвал-хӏал хутӏарабги хӏалуцинабуна Бавтугъай росдада аскӏосан КОРалъубе цӏадал ран хадуб чороклъараб лъим чвахиялъги.\nБачӏун хадубги, дагьаб мехалъ гьеб лъим хӏалтӏизабугеян хитӏаб гьабуна Роспотребнадзоралъги.\n17 марталдаса байбихьун гӏадамазе машинаби цӏун лъим бикьизе байбихьана Махӏачхъалаялда.\nТӏубанго кӏвечӏониги, цо къадаралданиги Кировский ва Советский районазда гӏумру гьабун ругезул рокъобе лъим бачӏинабизе кӏваниланги баян кьуна гьебго къоялъ Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас. Амма Ленинский районалда ругезе кида бацӏцӏадаб лъим щвелебали жеги мухӏканго абизе кӏоларин тӏадеги жубана гьес. КОРалъубе бачӏараб чорокаб лъим бацӏцӏад гьабиялъул хӏалтӏи жеги лъугӏун гьечӏо.\nОктябралъул цӏаралда бугеб каналалъул лъим гурони рокъобе бачӏунарел Ленинский районалъул гӏадамал гьеб бацӏцӏалъизегӏан, тукабаздаса лъим баччулел рукӏина.\nНижеца газета жанибе кьолеб мехалде бачӏана баян лъел мухъда гьарулел киналго хӏалтӏаби рагӏалде рахъанилан.\nМахӏачхъала ва Каспийск шагьарал гьекъолеб лъедалъун хьезариялъул суал гьоркьоб лъун букӏана 17 марталда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялдаги.\nХӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасул рагӏабазда рекъон, лъеда хурхун гьединаб ахӏвал-хӏал лъугьана рогӏралги цогидаб къайи-цӏаги басралъун букӏиналъ.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11380-chiuzhugiadan-khvaldasa-khvasar-gayuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11380-chiuzhugiadan-khvaldasa-khvasar-gayuna", "title": "Чӏужугӏадан хвалдаса хвасар гьаюна", "date": "2021-03-18 08:12:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Инсанасул лага цӏуниялъе гӏоло республикалдаго тӏоцебесеб, цӏакъ захӏматаб операция гьабуна гьал къоязда Махӏачхъалаялда.\nРеспубликаялъул перинаталияб централде захӏматаб хӏалалда ячун ячӏана лъимаде йигей гӏадан. Гӏагаразе бокьун букӏана гьей Москваялде ячине, амма дое щвезегӏан чӏаго хутӏиялда хӏинкъи букӏиналъ, гьезда кӏвечӏо таваккал тӏамизе. Операция гьабулелъул кӏудияб хӏинкъи букӏана бокьараб лахӏзаталда ургьибе би чвахун бачӏиналдаги. Талихӏалъ, тохтурзабазда кӏвана цохӏо гӏолохъанай гӏадамалъул гӏумру хвасар гьабизе гуребги, гьелъул тӏончӏорукъ цӏунизеги.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11381-senatorase-tsiiyab-kh-ulukh-kuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11381-senatorase-tsiiyab-kh-ulukh-kuna", "title": "Сенаторасе цӏияб хъулухъ кьуна", "date": "2021-03-18 08:14:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17 марталда РФялъул Федералияб собраниялъул Федерациялъул советалъул вице-спикер Иляс Гӏумаханов нахъе ана гьеб хъулухъалдаса.\nГьесул бакӏалде тӏамуна Халкъазда гьоркьосел ишазул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Константин Косачев.\nГӏумахановасе кьуна цӏияб хъулухъ — 2022 соналъ диназда гьоркьосеб диалогалъул мурадалда Тӏолгодунялъулаб конференция ахӏиялъе гьабулеб хӏадурлъиялъул рахъалъ Федерациялъул советалъул хасав вакиллъун тана гьев.\nИ. Гӏумахановасда цӏияб хъулухъги баркулаго, гьанжелъизегӏан гьабураб хӏалтӏуе баркалаги кьун, спикер Валентина Матвиенкоца абуна заманаялъ нахъе виччалев вугин, амма рикӏкӏалъизе теларин.\nФедерациялъул советалда нилъер республикаялъул вакиллъун Иляс Гӏумаханов вукӏана 2001 соналдаса нахъе. Вице-спикерасул хъулухъалде гьев тӏамуна 2010 соналъул декабралда.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11382-khabzalalda-askiob-rak-chchukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11382-khabzalalda-askiob-rak-chchukiana", "title": "Хабзалалда аскӏоб ракь ччукӏана", "date": "2021-03-18 08:18:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялда Сепараторазул посёлокалда бугеб хабзалалда аскӏоб ракь ччукӏун бачӏана 17 марталда.\nГьелдалъун хӏинкъи буго гӏадамал бетӏергьанаб щуго мина биххун бачӏиналда. Гьениб гӏумру гьабулеб буго 26 чияс (гьезда гьоркьоб буго 13 лъимерги).\nРакь ччукӏиялъе гӏиллалъун рехсолеб буго гьанжегӏагар бараб гӏазу.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11383-partiyal-ul-tsevekh-an-vishchana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11383-partiyal-ul-tsevekh-an-vishchana", "title": "Партиялъул цевехъан вищана", "date": "2021-03-18 08:22:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нилъер республикаялда «Партия Роста» абураб партиялъул нухмалъулевлъун вищана Гъизилюрт районалъул бетӏерлъун вукӏарав Мухӏамад Шагӏбановасул вац Гӏалиасхӏаб (гьевги заманаялъ гьебго хъулухъалда вуго).\nРоссиялда гьеб партиялъул цевехъан ккола РФялъул президентасда цеве вугев вакил Борис Титов. Гьевги гӏахьаллъана Махӏачхъалаялда Гӏ. Шагӏбанов вищизе тӏобитӏараб данделъиялда.\nБицен гьабулеб партиялъул вакилзабазда ракӏалда буго исана сентябралда Халкъияб собраниялде тӏоритӏулел рищиязда гӏахьаллъи гьабизе.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11384-2020-sonalda-dag-istanalda-kkuna-chchugiil-22-azargo-tonna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11384-2020-sonalda-dag-istanalda-kkuna-chchugiil-22-azargo-tonna", "title": "2020 соналда Дагъистаналда ккуна ччугӏил 22 азарго тонна", "date": "2021-03-18 08:28:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17 марталда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана ччугӏил магӏишат цебетӏезабиялда хурхараб суал.\nЧчугӏа гӏезабулел магӏишатазе субсидияздалъун санайилго пачалихъалъ кумек гьабулин бицана хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас. Амма ччугӏа къачӏан, хӏадур гьабиялъул иш роцӏинабизе къваригӏун бугин тӏадеги жубана гьес. Республикаялда гьелъие шартӏал гьечӏолъиялъ ччугӏа къватӏибе баччулеб буго, гьелдалъун бакӏалъул бюджеталъе заралги кколеб буго гьенире налогал рачӏунел гьечӏолъиялъ.\nДРялъул тӏабигӏаталъул бечелъабазул министрасул ишал тӏуразарулев Рахӏман Хӏамидовас бицана 2019 соналда республикаялда ччугӏа гӏемер ккунила. Амма гьелдаса кӏиго нухалъ цӏикӏкӏанила гьеб гъоркьисала. Масала, 2020 соналда Дагъистаналда ккун буго ччугӏил 22 азарго тонна. Гьелда гьоркьоб гӏемерисеб килька букӏана.\nГьединго 2018 соналда байбихьана Махӏачхъалаялъул порталда ччугӏил терминал къачӏазеги.\nХӏамидовасда лъикӏаблъун бихьулеб буго зама-заманалдасан республикаялда ччугӏил ярмаркаби тӏоритӏизеги.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11385-zhag-all-arab-koyal-k-o-khiekhechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11385-zhag-all-arab-koyal-k-o-khiekhechio", "title": "Жагъаллъараб кьоялъ къо хӏехьечӏо", "date": "2021-03-18 08:34:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 марталда Шамил районалда бугеб кьодул цо сакги биххун, нухги къотӏун хутӏана лъабго росу: Гьоор, Гьоор-Хьиндахъ ва Къахӏиб. Биххун унаго гъоркье бортана гьелда тӏасан унеб букӏараб КамАЗ машина. Республикаялъул Транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон, кьо биххана цӏакъго кӏудияб бакӏлъи хӏехьезе кӏвечӏого.\nГьеб хӏужаялде кӏвар буссинабуна РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул республикаялда бугеб идараялъ. Кьодул жавабчилъи жидеда тӏаде кколел идарабаз щай гьеб иш сан гьабичӏого тарабин суал лъуна гьез. Гьеб хӏужаялда хурхун рагьун буго уголовнияб делоги.\n2015 соналдаго гьеб кьо босун букӏана биххун иналда хӏинкъи бугел кьоязул сияхӏалде. Гьединлъидал 20 тоннаялдаса цӏикӏкӏун бакӏлъи бу- геб автотранспорт тӏасан хьвадизе бегьулароан. Амма 15 марталда гьелда тӏасан унеб букӏараб КамАЗалда тӏад букӏун буго 40 тонна. Бихьизабураб нормаялдаса цӏикӏкӏараб бакӏлъи бугеб транспорт кьода тӏасан ине бегьуларин абураб гӏаламат чӏван букӏине кколаан гьениб. Амма гьениб гьединаб игӏлан букӏун гьечӏо.\nКьо биххараб бакӏалде щвана республикаялъул транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул министрасул ишал тӏуралев Ширухан Хӏажимурадов. «Хӏинкъи гьечӏел ва щулиял нухал» абураб федералияб программаялда рекъон, 2022 соналда гьеб кьо цӏи гьабун къачӏазе хӏисабалде босун букӏанин бицана гьес.\nРеспубликаялъул «Дагавтодор» идараялъухъа гьеб хӏужаялда хурхун нижехъе баянал щвечӏо. Биххараб кьодул хӏакъалъулъ гьезул сайталдаги щибго хъвараб жо батичӏо. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон, гьединалго кьоял жеги чанго руго республикаялда. Ругониги, къокъаб заманалда гьел къачӏазе ялъуни цӏиял разе гӏураб гӏарац гьабсагӏат гьечӏо. Гьелъие къваригӏуна заманги гӏемераб сурсатги.\nШамил районалъул Къахӏиб, Гьоор ва Гьоор-Хьиндахъ росулъе гьабсагӏат машинадул нух гьечӏо.\n— Гӏагараб кӏиго къоялъги гьедин букӏинин ккола иш. Гьабсагӏат лъим жаниса ине кӏудияб анкьго рогӏороги лъун, гьезда тӏаде гамачӏгун салиракьги бан, нух гьабизе байбихьун буго, — ян бицана Гьоориса Мухӏамад Мухӏамадхӏажиевас. – Гьитӏинал машинаби, гьединго «Хехаб кумек» ва цӏа свинабулезул хъулухъалъул машинаби хьвадизе бегьулеб къагӏидаялъ гьабулеб буго нух. Росдае гӏураб квалквал кканиги, гьелъул бицине бегьиларо, чиясул гӏумруялъе къварилъи ккечӏого хутӏидал.\nГьесулго рагӏабазда рекъон, 10 апрелалдехун лъугӏулеб хӏалалъ къачӏалеб буго гьабсагӏаталда кьо.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11386-rak-bag-ariyal-ul-bitsuneb-vystavka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11386-rak-bag-ariyal-ul-bitsuneb-vystavka", "title": "Ракь багъариялъул бицунеб выставка", "date": "2021-03-18 08:40:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул тарихалъул музеялда тӏобитӏулеб буго 1970 соналъул 14 маялда Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул бицунеб выставка.\nГьенир лъун руго доб мехалда риххарал минабазул, къватӏир хутӏарал гӏадамазул, дагъистаниязе кумекалъе Узбекистаналдасаги Россиялдасаги рачӏарал чагӏазул суратал, художниказ рахъарал суратал, документация ва ракь багъари тӏатинабизе хӏажалъулеб къайи-цӏа.\nСССРалъул Гӏелмабазул академиялъул гӏалимзабазул пикруялда рекъон, гьединаб куцалда Кавказалда ракь багъарун букӏун гьечӏо 1902 соналдаса нахъе. Гьединго 1966 соналда Ташкенталда ккараб ракь багъариялдаса 30 нухалда цӏикӏкӏараб букӏун буго Дагъистаналда багъарараб ракьул къуват.\nГьелдалъун зарал ккана республикаялъул ункъо шагьаралъеги 16 районалъеги. Тӏубан биххун букӏана 22 росу, кутакалда бихха-хочи лъугьун букӏана 257 росдаегун шагьаралъе.\nГьединго ракь багъариялдалъун доб мехалда гӏумруялдаса ватӏалъана 45, лъукъа-къотӏана 156, жанире руссине бакӏ гьечӏого хутӏана 45 азаргогӏанасев чи.\nВыставкаялде рачӏарал махӏачхъалаялъулаз ракӏалде щвезабулеб букӏана ракь багъарараб къо.\nМузеялъул директор Зарема Дадаевалъ абуна гьаб выставкаялъул мурад бугила жакъа къоялда Махӏачхъалаялдаги гьелда сверухъги ралел бакӏал хасал нормабазда рекъон, щулаго разе ккеялде кӏвар буссинаби. Щайгурелъул якъинаб жо буго нилъер республика ракь багъариялда хӏинкъи цӏикӏкӏарал бакӏазда гъорлъ рикӏкӏунеб букӏин. Материалалдаги барахщун, цебе батараб куцалда кин гьел минаби гьанир ралелали нилъедаги лъалеллъуха.\nВыставка халат бахъине буго апрелалъул байбихьуде щвезегӏан.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11389-putinil-barkala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11389-putinil-barkala", "title": "Путинил баркала", "date": "2021-03-18 08:50:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДГУМялъул студентал Баркалаялъул кагътаздалъун кӏодо гьаруна улкаялъул президентас.\nГьал къоязда ДРялъул Гӏолилазул рахъалъ министерствоялъул коллегиялда жамгӏияб гӏумруялда жаниб бихьизабураб хӏаракаталъул ва цогидабги жигараб хӏалтӏуе гӏоло президент Владимир Путинил рахъалдаса Баркалаялъул кагътал кьуна 10 гӏолохъанчиясе. Гьезда гьоркьов вуго нилъер медуниверситеталъул ункъо студентги."}
{"slug": "11391-g-arimal-kioskalgi-sogiav-ekspert-bisavgi-basmanaldasa-salman-dadagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11391-g-arimal-kioskalgi-sogiav-ekspert-bisavgi-basmanaldasa-salman-dadagi", "title": "Гъаримал киоскалги, согӏав эксперт Бисавги, «Басманалдаса» Салман Дадаги", "date": "2021-03-18 08:54:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "Араб щамат къоялъ тӏобитӏана Махӏачхъала шагьаралъул бетӏер Салман Дадаевасулги республикаялъул газетазулгун журналазул бетӏерал редакторзабазулги дандчӏвай.\nРехсараб дандчӏваялъул аслияв «гӏайибияв», «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор ва машгьурав блогер М. Бисавгӏалиевас чанцӏулго тӏад-тӏад вуссун, социалиял гьиназда борхун букӏана бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал хьвадулел бакӏаздаса газетазул киоскал нахъе рахъиялъул ва гьезул къадар Махӏачхъалаялда дагьаб букӏиналъул хӏакъалъулъ кӏвар бугеб суал.\nШагьаралъул бетӏерас жиндирго кӏалъай байбихьана рехсараб суал борхарав ва «цо хасаб кунчӏигун, рекӏее асар гьабулеб чӏаголъигун» хъвадарулев журналист Бисавгӏалиевасе ракӏракӏалъулаб баркала кьеялдаса.\nХадуб мэрас загьир гьабуна газетазулгун журналазул киосказда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасан жиндирго пикру.\n— Коммерциялъулаб рахъ босани, киосказухъа бажарулеб гьечӏо аскӏор ругел дармилал точкабазулгун сахаб къец гӏуцӏизе ва жакъа къоялде гьездаса цо бихьулеб, загьираб пайда-хайирги гьечӏо, — ян абуна С. Дадаевас. — Гьединго расги лъикӏаб гьечӏо жалго киосказул гьумер-куцги. Лъикӏ букӏинаан гьеб хисизабизе ва берцин гьабизе тадбирал гьаруни.\nКӏалъазе рахъарал ДРялъул печаталъул ва информациялъул министр Гӏ. Хӏажиевас, «Дагъпечаталъул» нухмалъулев Ю. Хайдакъовас, журналистал М. Камаловас, М. Бисавгӏалиевас, Г. Малагӏалиевас, Б. Гӏабдулаевас, шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей З. Гӏалимирзаевалъ, батӏи-батӏиял мисалалги рачун, хӏужабиги рехсон, бихьизабуна киосказул суал кутакалда кӏвар бугеб ва хехал болжалазда жаниб тӏубазабизе кколеб букӏин.\nАслияб суал киосказул бугониги, гӏемерал батӏибатӏиял темаби рорхана гьеб дандчӏваялда мэрасги журналистазги. Масала, гьаб соналъул бюджеталъул бицунаго, данде ккуна, Махӏачхъалаго гӏадал, Воронеж ва Казань шагьаразулги нилъер шагьаралъулги бюджетал.\nВоронеж шагьаралъул лъагӏалил бюджет бащалъулеб буго 22 миллиардгун 408 миллионалда, Казаналъул — 28 миллиардгун 135 миллионалда. Нилъер абуни, гӏицӏго 10 миллиард гурони гьечӏо. Гьелъулги 9 млрдалда квер хъвазе жиндир ихтияр гьечӏин абуна мэрас. Хутӏараб кинабго гӏарац жинди-жиндие бихьизабураб статьяялда рекъон хӏалтӏизабизе кколила. Цохӏо лъай кьеялъе унила 6-7 млрд. гъурущ.\nМэрас тӏадчӏей гьабуна налогал ракӏариялъул иш кутакалда квешаб букӏиналдаги.\nКӏудияб божилъи-хьулгун бицен гьабуна гьес шагьаралъул гьумер кьучӏдасанго хисизабизе жиндирго ругел анищазул, къасдазул, амма гьеб киналъего гьечӏел сурсатазул…\nЦӏодораб пикруялъул, роцӏараб гӏакълуялъул, жиндирго иш щвалде щун лъалев ва бокьараб суал тӏубаялъе чӏванкъотӏарал нухалги ресалги ратизе кӏолев чиновник вугилан тана дица Салман Дадаев.\nАмма гьенирго цо рекӏкӏал, пашманал пикрабиги паркъана ботӏролъ.\nГӏемерал соназ Москваялда лъикӏаб хъулухъалда, къадру-къиматалда вукӏарав, жиндирго чӏара-хьараб пикру-позиция бугев, ришватчилъиялъул чоде вахинчӏев ва бигьаго щолел гъурщазул кӏичӏикье ккечӏев, гьелъул гьацӏулаб тӏагӏам цӏцӏуйчӏев цӏияв, вацӏцӏадав, гӏолохъанав мэр жакъасеб Дагъистаналъе, Махӏачхъалаялъе хӏажатго вугодай?\nГӏемерал унтабаз, гӏузрабаз кӏвекӏулеб, рухӏалдаса квер босун, къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏаниги, гӏадамазда цо кӏудияб хӏасил бихьулареб, бичӏчӏулареб, ритӏухълъигун рацӏцӏалъиги зулмуялъ квегъулеб Дагъистаналде вачӏинго гъалатӏ ккечӏодай?\nГьел дирго пикраби ритӏухъ гьаризе бокьун буго дагьа-макъалго мисалаздалъун ва хӏужабаздалъун.\nЖакъа чиясе бищунго хӏажатаб жо щиб кколеб — токги, газги, лъимги, лъикӏал нухалги. Ругищха гьел рахъал Махӏачхъала шагьаралда роцӏун? Цо хъван бихьизеги гьечӏо.\nЩалха гьелъие гӏайибиял? Ракӏчӏараб жо, гӏемерисез абизе буго киналго гӏунгутӏабазул бетӏер шагьаралъул нухмалъулев Салман Дадаев вугилан.\nБугищха гьеб гьедин? Аскӏобе къанги гьечӏо.\nМоскваялдаса нилъехъе вачӏарав цо тележурналистас шагьаралъул къватӏазда гӏадамазда гьикъулеб буго мэрасул хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Аскӏовго мэрги вуго, амма гӏеме рисезда гьеб лъалеб гьечӏоан.\n— Щибниги хӏалтӏи гьабулеб гьечӏо мэрас, шагьарги рищни-къулалъул цӏун буго, гьури бахъанщинахъе токги ссуна, лъимги букӏунаро, газалъул тарифалги зодире рахинарула, — ян абулеб буго цо чӏужугӏаданалъ. Гьелдаго релълъарал пикраби загьир гьарулел руго цогидазги.\nАмма гьел пакъирзабазда лъалеб гьечӏо цо дагьабниги гьури бахъарабго ссунеб токги, гьаваялде тарихал рахараб газги шагьара лъул къайимлъиялда гуреб, цо хасал, хӏажатаб заманалда хӏажатаб бакӏалда рукӏине лъарал чагӏазул кверщаликь букӏин. Гьел руго мунги, дунги, хӏукуматги, хӏатта Аллагьгицин кӏочарал кӏарчамал чагӏи. Анцӏ-анцӏ соназ хисичӏел турарал хӏубаздаги, нус-нус бакӏалъа тӏутӏурал, хӏуларал токалъул кваразда- ги кӏолищха нилъ разияб хӏалалда канлъиги хинлъиги рукъзабахъ букӏинабизе?\nСалман Дадаевасул хӏалтӏу хъабазул рес гьечӏо я цо кваралда, я цо хӏобода квер хъвазе. Законал- да рекъон, киналго ремонталъулал хӏалтӏаби тӏаде ккола, щулаго токалъул магӏишатги кодоб ккун чӏарал, гӏарцуца ццулъарал хважаинзабазде. Амма гьез килщида килищ хъван хӏалтӏи гьабулеб гьечӏо. Гӏайибазул гъегъ абуни, гъаримав Салманиде балеб буго.\nГьединабго хӏал буго рищни-къулалда сверухъги. Дунялалдаго рагӏана Махӏачхъалаялда букӏараб рищни-къулалъул пашманаб къиса, амма гьенивги «рацӏцӏалъи рихарав» чиновниклъун довго Дадаев ккана. Конкурсалдаги бергьун, рахӏаталда ругел операторал щибго мунагь гьечӏел малаикзаби хӏан чӏолел руго.\nКиса-кибго гьединаб ахӏвал-хӏал бугеб мехалда, хвезейищха вегилев, халкъалъухъги шагьаралъухъги кигӏан ракӏ унтаниги, гьел суалазда сверухъ щибниги гьабизе рес гьечӏев мэр?\nПормаялъе чу Салманида гъоркь буго, амма чӏолорхъжо чияхъ буго ва гьединлъидал гӏемер хъамулеб буго сверудаса гьеб.\nГӏемер рагӏула шагьаралъул бетӏер «слабый» чи вугила, гьесул ишазулъ къвакӏи бихьулеб гьечӏила, Москваялдаса витӏун вачӏарав интеллигентас гьабулеб жо гурила Дагъистаналъул бищун кӏудияб шагьаралъе нухмалъи абурал харбал.\nЛъикӏ буго, уйин тела, разилъила. Амма чанго суал кьела гьединал чагӏазе.\nРекӏелъ иманги, чорхолъ ияхӏги бугев, цониги чиясул бидул хӏакъги жинда тӏад гьечӏев, тамахав интеллигентищ нилъее лъикӏав, гӏундул гъурарал, яргъид гӏуцӏарал анцӏ-анцӏ гӏолилаз цӏунарав къвакӏарав зулмучийищ?\nКигӏан хехго нилъеда кӏочараб доб вахӏшияб заманги, зулмудул бакӏлъиги, бакӏ-бакӏазда кколел рукӏарал, ракӏ гъанцӏизабулел чӏвай-хъвеялги? Чан ругел Махӏачхъалаялда жеги чӏегӏер бахъичӏел нилъер улбул, яцал, ясал?\nЖакъа Салман гӏадин, эркенго, автоматалъул бакӏалда кодоб телефонгун, хьолбохъ ракълилав цо гьалмагъгун шагьаралда тира-сверулев мэр ракӏалда вугищ нужеда? Дида гьечӏо. Цӏакъго къвакӏи гӏоларез Гӏамиров ракӏалде щвезавеха.\nТӏубараб шагьар бичун тана гури цере рукӏарал шагьаралъул бутӏруз, хӏатта тротуаразде гӏунтӏунцин. Ралелго ралел рукӏинчӏищ, гьересиял документалги гьарун, шагьаралъул бокьараб точкаялда гӏемертӏалаял минаби. «Тамахав интеллигент» Салманица тӏубараб лъагӏалида жаниб цо гурони изну кьун гьечӏо мина баялъе. Минаби учителас, тохтурас, журналистас раларо, гьел ралел чагӏи щиб ресалъул, цӏаралъул, цӏайиялъул рукӏунелали нужедаги лъикӏ лъала. Гьеб хайираб доход гьукъарав мэрасул ботӏрода, молодецилан квер бахъулареблъиги якъинаб жо буго.\nТамахав вугищха шагьаралъул бетӏер, ун вугищха гьев, цогидал гӏемералго гӏадин, магӏишатиял хиялаз хадув цӏан?\nГьебищха доб, киназго бицунеб, Салманил «слабость»? Дие нусго нухалъ гьединаб бацӏцӏадаб «слабостго» бокьила, бокьараб бакӏалда минаби разе гӏарцухъ изну кьолеб чанкӏкӏараб «силаялдаса».\nЛъицаниги абулеб рагӏанищ гьесда «тротуар Салманилан» яги «бордюр Дадаевилан». Дида рагӏичӏо, рагӏизе гьечӏолъиялда ракӏги чӏола…\nПалхӏасил, гьеб букӏана лъикӏаб, ракӏ рагьараб, гъира-щавкъалъ куркьби гъурав гӏолохъанав мэрасул хӏакъикъияб гьумер журналистазеги загьирлъараб, журналистазул согӏаб перо гӏаммаб пайдаялъе хӏалтӏизе букӏиналда Салман Дадал божилъиги бижараб, дандчӏвай.\nНахъе унелъул нижер цоясул бер речӏчӏана, шкафалъуб лъураб, тракторалъул берцинаб макеталда.\nНижер интерес бихьарав мэрас баян гьабуна гьеб бугила жиндие Москваялъул бакӏал ралез, гье-динаб тракторалъ цо кӏудияб нух бахъун лъугӏараб мехалда, кьураб сайгъат.\nБожи буго гьединал сайгъатал Махӏачхъалаялъул бакӏал ралезги кьелин нилъер гӏолохъанав мэрасе, шагьаралда кӏуди-кӏудиял социалиял объектал ран хадуб.\nГӏумахан ГӏАНДИЙСКИЙ"}
{"slug": "11393-bakhiarchiyasul-tsiar-tsiunila-rekiel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11393-bakhiarchiyasul-tsiar-tsiunila-rekiel", "title": "Бахӏарчиясул цӏар цӏунила рекӏелъ", "date": "2021-03-18 09:05:25", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Санайилго гӏадин исанаги 12 марталда Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росдал Зубаиров Шамилил цӏаралда бугеб гьоркьохъеб школалда тӏобитӏана милициялъул подполковник Шамил Зубаиров ракӏалде щвезавиялъулаб тадбир.\nТерроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъулаб гьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Хьаргаби районалъул нухмалъулесул заместитель Асхӏабали Маликовас, районалъул ОМВДялъул хӏалтӏухъабаз, районалъулгун росдал администрациялъул хӏалтӏухъабаз.\nМугӏалимзаби Мадина Шарабудиновнаялъ ва Маймунат Хӏабиевнаялъ хӏадур гьарурал цӏалдохъабаз бицана Ш. Зубаировасул гӏумруялъул ва хӏалтӏулаб нухалъул хӏакъалъулъ, рикӏкӏана гьесде гьарурал кучӏдул, бихьизабуна видеоролик.\n1985 соналдаса нахъе ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялда хӏалтӏана Шамил. Бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазегун цӏаразе. Ахирисеб гьесул шапакъат ккола Бихьинчилъиялъул орден – гьеб шапакъат Шамилие кьуна хун хадуб. Исана 15 сон тӏубана Шамил гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса.\nШколалъул цӏалдохъабаздагун росуцоязда абадиялъ ракӏалда хутӏила Шамилил цӏарги гьесул мисалияб гӏумруги.\nПатӏимат МУХӏАМАЕВА"}
{"slug": "11397-bibliotekabazulgi-klubazulgi-k-ismat-kinabdaj-kkela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11397-bibliotekabazulgi-klubazulgi-k-ismat-kinabdaj-kkela", "title": "Библиотекабазулги клубазулги къисмат кинабдай ккела?", "date": "2021-03-18 09:18:03", "categories": ["lit"], "text": "Гьал къоязда Хунзахъ районалъул культураялъул рукъзабазул ва клубазул хӏалтӏухъабаз хитӏаб гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасухъе.\nГьеб хитӏабалда гьез хъвалеб буго ункъо соналъ цере жал 0,75 ставкаялде рачанин, гьеб мехалда тӏадкӏалъай гьабичӏого жалги чӏанин абун. Хадубги 0, 5 ставкаялде рачанин, гьеб мехалдаги руцӏцӏун чӏанин. Гьанже абуни районалъул нухмалъиялъе къваригӏун бугила тӏуранго библиотекабиги Ш. Шамхаловасул цӏаралда бугеб Культураялъул минаги къазе.\n«Гьел идараби къаялда яги гьезул хӏалтӏи хисизабиялда бан районалъул гӏадамазул пикру лъазабизе хӏукму гьабуна районалъул депутатазул собраниялъ. Жалго депутатазда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жо гьечӏо. Сессиялда гьоркьор лъурал суалазда гъорлъги гьеб букӏинчӏо.\nГьабщинаб заманалда жаниб нижеца хитӏабал гьаруна районалъул прокуратураялдеги, Культураялъулгун Захӏматалъул ва Финансазул министерствабаздеги, гӏадлу-низам чӏезабиялъул идарабаздеги. Амма хӏасил ккечӏо». Гьадин хъвалеб буго хитӏабалда.\nХадубги гьез Гӏамирхановасда гьарулеб буго гьадингоги мукъсанал харжазда божун хутӏарал жидее тӏуранго гьездаса махӏрумлъунгутӏиялъе квербакъи гьабеян.\n«БИБЛИОТЕКАБИ КЪАЯЛЪУЛ БИЦЕНГО БУКӏИНЧӏО»\nХунзахъ районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулей Жавгьарат Хъайтмазовалъ гьеб рикӏкӏана кьучӏ гьечӏеб хабарлъун.\n— Районалъул нухмалъулес абулеб букӏана культураялъул учреждениязул хӏалтӏи хисизабизе бугилан, амма гьел къаялъул суалго букӏинчӏо. Гьединлъидал киса босун бицунеб хабар гьебали дида бичӏчӏуларо. Букӏана гӏицӏго лъималазул искусствоялъул школалда хурхун хӏукуматалъул ви- це-премьер Анатолий Карибовасул цӏаралдасан бачӏараб кагъат. Гьениб хъвалеб букӏана лъай кьеялъул системаялда гъорлъа нахъе бачунеб батани, гьеб школа къазе бегьуларилан. Яги культураялъул отделалда гъорлъе бачейила, ялъуни щиб гьабунги цӏунейила.\nБиблиотекаби къаялъулги биценго букӏинчӏо, гьанжеги гьечӏо.\nАмма чанцӏулго тӏоритӏарал халгьабияздасан якъинлъана гьезул лъай беццилеб хӏалалда гьечӏеблъи. Районалда хӏалтӏулел библиотекарал ккола профессионалал. Амма росабазул библиотекабазда руго 40- 50 соналъ хӏалтӏулел ругел, хасаб лъайги гьечӏел гӏадамал. Районалъул библиотекабазул централияб системаялъул вакилзаби рукӏуна гьезул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабулел.\nГьединлъидал районалъул бетӏе расулги Махӏачхъалаялъул Миллияб библиотекаялъул директорасулги къотӏиялда рекъон, Хунзахъе рачӏун рукӏана шагьаралдаса методистал. Гьездасан гӏезегӏанго лъай щванин абизе бегьула нижер библиотекаразе. Хадубккунги камил гьабизе буго гьезул лъай.\nПалхӏасил, гьезие пайдаялъе гурони, заралалъе ургъулев чи гьечӏо. 78-80 сон барал руччабицин руго росабалъ библиотекабазда хӏалтӏулел. Гьезда данде чӏун рукӏаралани, гьел нахъе рехизеянги лъугьинаан гурищ ниж. Гуро. Гьезда абулеб буго гьеб хӏалтӏи кьезе бегьулел ясал ратани, бигьа гьарун гьелги ругьун гьарейин, нужги хӏалхьиялда чӏайилан. Амма гьезда гьеб бичӏчӏулеб гьечӏо.\n— Жавгьарат, библиотекабаздаго гӏадал гӏунгутӏаби жидерги ругин бицана росабазул клубазул хӏалтӏухъабазги. Масала, кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ культураялда хӏалтӏулей Харахьиса Патӏимат Мухӏамадовалъ бицана материалияб рахъ хъарцинаб букӏунилан, гӏумруялъ гьабун ругьунаб иш рехун тезе бокьулеб гьечӏин, амма 5-6 азарго гъурщихъ хӏалтӏулел жидеца босизе кколеб бугила клубалъе хӏажатаб гӏисибикъинаб жо, хасало печь бакизе тӏурччи-цӏулалде гӏунтӏунгицин. Щай гьезие дагьал харжал ругел?\n— Битӏараб бицани, исана дун Харахьи клубалде щвечӏо, Лъагӏилухъе, Мущулие, Гӏоротӏе гурони. Гьел росабалъе ун рукӏана ниж клубазулги библиотекабазулги хӏалтӏул хал гьабизе. Битӏараб буго, цӏороялъ гунгларал бакӏазда хӏалтӏулел ругоан гӏадамал. Амма гьез ракӏбацӏцӏадго бицана квачан букӏиналъ жал щибаб къойил унарила клубазде, гьединлъидал жидерго мукъсанаб харжалъулъ тӏурччи-цӏулги босуларила жидеца.\nГьаниб баян гьабизе ккола дагьалъ цебе ремонт гьабурал Гӏоротӏа, Цӏада, Гьоцӏалъ, Уздалросулъ ругел клубал жанисан хинлъизарун ругин. Республикаялъул батӏи-батӏиял программабазда гъорлъеги рачун, гьединалго шартӏал чӏезаризе руго цогидал росабазул клубаздагун библиотекабаздаги.\n2013-2014 соназда, РФялъул 131-абилеб законалда рекъон, росабазул клубал, районалъул администрациялъул бетӏергьанлъиялдасаги рахъун, росабазул администрациялъул къайимлъиялде кьуна.\nАмма росабазул бегавулзабазде рехун течӏого, гьезул хӏалтӏуе кумекалъе букӏине росабазул клубазулги библиотекабазулги суалалда хадуб хал кквеян абуна дида районалъул бетӏерас.\nГьеб мурадалда исана дица гӏуцӏана Хунзахъ районалъул культура цебетӏезабиялъул концепция. Гьелда рекъон, гӏезегӏан хиса-басиял гьаризе руго росабазул клубазулги, искусствоялъул школазулги, библиотекабазулги хӏалтӏулъ.\nБиблиотекабаздаго гӏадин, клубаздаги хӏалтӏулел руччаби руго 65 сонилъе рахарал яги гьелдасаги тӏаде араб ригьалъул. Гьезулги гьечӏо жакъасеб къагӏидаялъул хӏалтӏул алатал. Масала, компьютерал. Ругониги, гьезда хӏалтӏизеги лъаларо гӏемерисезда.\nКин батаниги, клубазул хӏалтӏухъабаз хӏаракат бахъулеб буго цере жал ругьунлъараб куцалда кьурди-кечӏ ургъун, гӏиси-бикъинал рукӏаниги, тадбирал тӏоритӏун, хӏалтӏи гӏуцӏизе. Амма киназго гуро гьебги гьабулеб.\nНижеда бичӏчӏула маданияб хаслъи цӏунизе кколеблъи. Амма гьелдаго цадахъ бичӏчӏизе ккола нилъ 21 гӏасруялда гӏумру гьабун рукӏинги, галаби церехун тӏамизе кколеблъиги.\nЖидерго бугеб ресалда рекъон хӏалтӏи гьабулелги руго, килщида килищ кӏутӏичӏого гьабуларел бакӏалги руго. Районалъул телевидениялъул хӏалтӏухъабазги, администрациялъул вакилзабазги тӏокӏалъ чӏечӏого бицунеб жо буго, кида щваниги, цо-цо росабалъ клубалги библиотекабиги къан ратулилан. Гьаб ахӏвал-хӏал хисизабизе ккелин дица абураб жо гӏадахъ босун, рагъа-рачаризе лъугьарал хӏалтӏухъабиги руго. Амма кӏал сваказегӏан кӏалъаниги малъаниги, рагӏичӏеб ххвелги гьабун чӏолелги руго.\nХаржазул бицани, дица гьезие рагӏи кьун букӏана гьеб суал районалъул бетӏерасулгун дандбазе.\nАмма гьениб гьадинаб рахъалдеги кӏвар кьезе ккола. Щаяли, росабазул бегавулзабаз гьел клубал юридикиял лицабилъун рихьизарун гьечӏо документазда. Гьединлъидалин гьезие гӏарацги дагьаб щолеб бугеб. Руго районал хӏалтӏухъабазе моцӏрое 25 азарго гъурущ щолелги. Щайгурелъул гьезул клубал юрлицаби кколелъул. Гьанжеялдаса хадубниги гьанибги гьеб гӏунгутӏи битӏизабизе рес бугищали хал гьабила нижеца.\nАмма росулъ, районалда гӏумру гьабулел гӏадамазул къадаралда барабги букӏунаха гьеб.\nРасулилгун Хӏамзатил адабги цӏунун…\nГьанжеялдаса 20-гӏан соналъ цебе Цӏада ва гьелда сверухъ ругел гӏисинал росабалъ къанги рукӏун, цӏидасан рагьана библиотекаби. Гьел гьечӏого нилъ тӏураларин абураб пикру бичӏчӏизабизе бокьун буго Цӏада росдал библиотекаялъул заведующая Анисат Гӏалибеговалъе:\n— Рагъул заманалдацин хӏалтӏулел рукӏиндалха гьел. Дир хӏисабалда, Расулилги Хӏамзатилги хӏурматалда нижер росулъгӏаги гьанжеялдаса хадубги цӏунун хутӏизе батила библиотека.\nМашгьурал шагӏирзабазул ватӏаналдаса чагӏи хӏисабалда, нижее кутакалда рокьула тӏахьал. Дицагоги цӏакъ къимат гьабула гьезул. Батӏи-батӏиял хӏаял ратаниги, цогидаб батаниги ургъун, дица лъимер тӏоцебесеб классалдасаго ругьун гьабула библиотекаялде бачӏине. Школалда бугеб библиотекаялда гьечӏел тӏахьал ралагьизе халатал сияхӏалги тӏанчида хъван нижехъе рачӏуна лъимал. Риидалил заманалда шагьараздасаги рачӏуна гьел. Хасго компьютер гьаниб батидал, цӏакъго рохула.\nДун бащдаб къоялъ гурони хӏалтӏизе кколаро. Амма гӏемерисеб мехалда тӏубараб къоялъ хутӏула гьений. Щайгурелъул библиотека школалда аскӏоб букӏиналъги батила, къойида жаниб 10-15 лъимералъниги нуцӏа рагьула нижехъе. Жеги Поэзиялъул минаги буго аскӏобго. Районалде рачӏунел туристалги раккула гьенире.\nАслияб куцалда магӏарул литератураги лъималазул тӏахьалги цӏехола гӏемерисез. Амма гьел дагь руго.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11399-godorab-chiukhii-chiobogoyab-gankii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11399-godorab-chiukhii-chiobogoyab-gankii", "title": "Гьодораб чӏухӏи чӏобогояб гьанкӏи", "date": "2021-03-18 09:24:58", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Рекьичӏого хурзал руго, къачӏачӏого ах буго, чӏунтун умумузул кули буго. Заруца гьумер бухулеб, гугарулеб къебелъухъе хьвадизарун гӏезарулел руго васал. Бищун лъикӏаб ретӏинеги кваназеги чӏезабун, къо бихьизе течӏого чемпионаллъун рахъинариялде тӏаделъун руго. Лъаймахщалиде ургъизе заман гьечӏо. Хадуб щиб? Жиндир вас сундулалиго рахъалъ кивалиго вахъарав чемпион вугила, гьелда рекъон хъулухъ кьолеб гьечӏила хӏукуматалъ. Гьанже зигардулев эмен, кинаб махщалиеха дуца вас ругьун гьавурав, щиб захӏмат хӏехьезе малъараб? Рокъоб гӏарац гӏолареб къо тӏаде бачӏиндал, гьесие хъулухъ кьолареб хӏукуматищ гӏайибияб?\nВас чӏухӏухъанлъун вахъинавулел эбел-инсуца ахир гьесул хъизан-лъималги жидецаго хьихьизе кколел руго. Щиб къо борхилеб, жив вегараб бусада юргъанцин битӏизабизе тӏамичӏого, эбелалъ гогьдаризавурав васас? Кинаб хъизан гьес гӏуцӏилеб, жийго гӏадай чӏухӏухъан лъадилъун ккедал? Кӏиябго рахъалъан эбел-инсул гӏакълу гӏечӏони, гьечӏо гьеб гӏолохъанаб рокъоб рекъелги, парахалъиги, букӏинесебги. Риххулел хъизамал къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел рукӏиналда гӏажаиблъизе жо гьечӏо, нилъеда цебе буго гӏумруялъул «цебетӏей», гӏолилазул сабру гьечӏолъи, чӏахӏиязул гӏакълу гьечӏолъи. Рукъалъул хӏалтӏиги малъуге, къватӏахъ адабалда хьвадизеги лъаге, бергьенлъиялъул, гӏарцул гурони мацӏги бичӏчӏуге — щив чиха лъугьинев гьесул? Киналго гурелъулха Олимпиялъул чемпионаллъун рахъунел ва хъулухъал щолел. Кинаб бугониги махщалие вас ругьун гьавизе ккелин пикру чан инсуца гьабулеб бугеб?\nГьитӏинго яс юхичӏей эбелалъ гьей кӏудияй гӏейгун накаби рухизе кколин абула, гьединго чӏухӏухъан вас гӏезавурав инсуцаги харадуниб бетӏер кквезе кколеб буго.\nЮристасул дипломги бегун тун, евро-ремонтал гьарулев вуго цо гӏолохъанчи. Цӏалун рахъанщинал киналго юристазе данде балагьун хъулухъ букӏунареблъи бичӏчӏизе бокьичӏев гьес гьанже кверал хӏурул цӏезаризе ккана. Цо талихӏ — гьесул эмен кверзул махщел бугев чи вукӏин, гьелъие васги куцазе инсул гӏакълу гӏей.\nЦогидал васазул эмен вуго, гъоркь лъураб бакӏ щущан инегӏан, компьютералъул хӏаязда сардал-къоял тӏамулев. Инсуца тараб нахърателги лъугӏун, жиндагоги гьавудизе лъачӏого, дунялалдаго цидаххун, улкаго такъсирияблъун гьабулев вуго пакъир. Гьев вуго дов, спортзалазда заман чӏваниги, чемпионлъун вахъинчӏев, цӏалул сессияби инсуца гӏарцухъ гьарун куцарав, эбелалъ гогьдаризавурав вас. Эменги цевеса ана, эбелги херлъана. Щиб гьанже гьес малъилеб балугълъиялде рахунел жиндирго васазда? Шагьаралда, магӏарухъ минаби ралел бакӏазда хӏалтӏулел рихьула къватӏисел хӏукуматаздаса рачӏарал гӏадамал. Гӏемераб гӏарац унеб буго улкаялдаса къватӏибе вьетнамаз, узбеказ, тажиказ. Нилъераздаго гьоркьор лъикӏал устарзаби къанагӏат рукӏиналъ, гӏемерисез гӏей гьабулеб буго, чӏухӏи тун хӏалтӏулел, нилъер гьанир хӏалтӏулаго устарлъиялъе ругьунлъулел тажиказда. Гьодораб чӏухӏи, чӏобогояб гьанкӏиян абулаан чӏахӏиял чагӏаз чӏухӏухъанасде. Гьелъухъего кколеб буго нилъер ишги, гӏемерисебго мехалъ.\nЦӏодорав чияс жиндиралдасаго цӏикӏкӏун лъайги махщелги щвезабулеб батила васасе. Гьединазул бицинеги гъира бала, рагӏизеги бокьула.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "11401-ebel-insutsagi-kuna-ege", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11401-ebel-insutsagi-kuna-ege", "title": "Эбел-инсуцаги кьуна ЕГЭ", "date": "2021-03-18 09:30:08", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дагъистаналда тӏобитӏана «Эбел-инсуца ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб акция. Гьелда гӏахьаллъана исана гьоркьохъеб школа лъугӏулел цӏалдохъабазул эбел-эмен, муниципалитетазул бутӏрул, лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел, школазул директорзаби, жамгӏиятчагӏи ва журналистал. Тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумароваги.\nАнлънусгоялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъанасул эбел-эмен гӏахьаллъана гӏурус мацӏалъул экзаменалда. Гьениб бицана экзамен тӏобитӏулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ, бихьизабуна видеокамера кин хӏалтӏизабулебали ва ракӏалде щвезабуна экзамен къабул гьабулеб пункталда букӏине кколеб низам. Малъана экзаменалъул бланк цӏезабулеб къагӏидаги.\n«Дица халгьабуна экзаменалъул тесталъухъ. Ракӏалде ккола лъималазухъа гьел тӏуразарун бажарилин абун. Лъикӏаб иш буго ЕГЭ тӏобитӏулеб къагӏидаялъулгун цӏалдохъабазул эбел-инсул лъайхъвай гьаби. Гьезие рес щвела ЕГЭялъукьа хӏинкъизе кколареблъи ва тӏадкъаял тӏуразаризе бажарулеблъи лъималазда бичӏчӏизабизе», — ян бицана У. Гӏумаровалъ.\nК. СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "11403-balagal-k-oyaz-k-val-banigi-k-vakiun-chiana-patiimat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11403-balagal-k-oyaz-k-val-banigi-k-vakiun-chiana-patiimat", "title": "Балагьал къояз къвал баниги, къвакӏун чӏана Патӏимат", "date": "2021-03-18 09:37:08", "categories": ["insan"], "text": "Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къоялъе сайгъат гьабун къватӏибе биччараб «Хӏакъикъат» казияталъул номералда «Чаранги хӏулиги цохӏого рекӏелъ» абураб бетӏералда гъоркь бахъараб макъа- лаялда бицунеб буго мугӏрузда гӏурал гӏемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батулеб къвакӏиялъулги, къо хӏехьеялъулги, гьелдаго цадахъ ракӏ биунеб недегьлъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьединалго рагӏабазе мустахӏикъай гӏадан йиго Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъа Баширова Патӏиматги.\nЩуго сон гурони цадахъ бачӏого, лъабго лъимерги нахъе тун, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда гӏумруялдаса ватӏалъана гьелъул рос. Балагь жибго цохӏо бачӏунарин абухъего, 1999 соналда вас Мухӏамадги щвана къадаралде. Гьединал къояз къвал баниги, къвакӏун чӏана Патӏимат.\n— Дун гьаюна чачаназул Ведено районалъул Къеди росулъ. Гьенире гочинарун рукӏана Цӏумада районалъул нижер Кӏванкьада росдал гӏадамалгун цадахъ къедисел, хъвайнисел, ангъидасел. 1957 соналда, цогидалго гӏадин, нижги гочинаруна гӏатӏиракьалде. Гьелдаса нахъе нижер гӏумру унеб буго Октябрьское росулъ, — ин бицана Патӏиматица.\n1959 соналъул 1 сентябралда берцинго ретӏа-къан эбелалъ тӏоцее школалде щвезаюраб къо жакъа гӏадин ракӏалда буго Патӏиматида. Школалда кӏудияб хъулухъги кьуна гьелъие тӏоцеесей учительница Заза Мухӏамадовнаялъ. Гьелъ Патӏимат тӏамуна классалъул санитаркалъун. Жакъаги кӏудияб рокьигун ракӏалде щвезаюла гьелъ ЦӏобокьМиякьое хъизангун гочарай Заза Мухӏамадовна.\nМикьго класс лъугӏидал, инсуца гьей щвезаюна Каспийск шагьаралда бугеб медучилищеялде. Гьеб лъугӏидал, тӏад юссана Октябрьское росулъе.\n— Байбихьуда колхозиял лъимал гьарулеб рукъилан цӏар лъураб бакӏалда акушеркалъун хӏалтӏана. Гьенибго ясли-ахги букӏана. Бажарухъе хӏалтӏи нухда бачана. Хадуб, рагъул ветеран Сагӏадула Мухӏамадов мустахӏикъаб хӏалхьиялде индал, гьесул бакӏалда медпункталъул нухмалъулейлъун тӏамуна.\nЛъидаха лъалареб кигӏан захӏмат букӏунебали росдал гӏадамазул сахлъи цӏуниялъул хъаравуллъуда ругезе. Шагьаразда гӏадин, росабалъ букӏунаро ахӏарабго бачӏун рагьда чӏолеб хехаб кумекги, хӏалбихьи бугел тохтурзабиги.\n— Цо къоялъ Шумайсатил вас Билал унтун вугилан ахӏи бахъана. Щвана унтарасухъе, балагьана, гӏенеккана, унтараб бакӏалъул хӏакъалъулъ мухӏканлъи лъазе Билалилгун кӏалъа-басай гьабуна. Гьел киналго тадбиразул хӏасилалда, щаклъи ккана унтарасул бакьазулъ онкологияб унти букӏиналда. Хехаб къагӏидаялда больницаялдеги щвезавун анализал гьаридал, дица абухъе ба- тана. Билалие операция гьабуна ва кватӏичӏого мадарги лъугьана. Жакъаги гьев сах-саламат вуго, — ян ракӏалде щвезабуна Патӏиматица ккараб цо лъугьа-бахъин.\nГьединал ишалин абуни рукӏана цӏакъго гӏемер. Хӏатта, гьелъ бицухъе, яхъун чӏунго кваназецин ругьунлъана гьей. Гужгатги, пухалъул кӏазги тӏаса бахъараб заман дагь букӏана гьелъул гӏумруялъулъ.\n— Битӏун рокъое щун гӏака бечӏчӏизе лъугьиндал екерун ячӏана Загьиратил яс Сагӏидат. Эбел квешго унтун йигин бицана гьелъ. Унтарай хехго щвезаюна Хасавюрталъул райбольницаялде. Руччабазул рахъалъ унти букӏин дида лъалеб букӏана, гьединлъидал гинекологиялъул отделениялда хехаб къагӏидаялда Загьиратги егизаюн, гьелда аскӏой гьелъулго яс Сагӏидатги тун, дун рокъое тӏадги юссун дирго гӏака бечӏчӏизе жуяна. Гьаб нухалъги течӏо байбихьараб иш рагӏалде бахъинабизе. Совхозалъул бухгалтер Патӏуч лъимер гьабизе мех щун унтун йигин ахӏи бачӏана. Патӏучги больницаялде щвезайизе ине ккана. Рокъое щведал, лъабабизеги гӏака бечӏчӏизе жуярай дида якьад Марямица абуна: «Патӏимат, дир яс, дуца цояб гьабизе ккола. Ялъуни гӏачиги хьихьун хӏалтӏиги тун гӏодой чӏа, ялъуни гӏачи базаралдеги рачун риче», — ян. Гӏачи ричана. Лъималазе рахьги мадугьалзабазухъа босулаан.\nЯкьадалъулгун гьеб хабар ккун нахъисеб къоялъ ругьел бачӏана больницаялъул тохтурзабигун Загьиратил яс ягъун йигилан. Жиндир эбел агъаз гьабичӏого тун йигинги абун, кодобе щванщинабги босун кӏанцӏун йиго Сагӏидат гьезде тӏаде.\nГьединал хӏужабиги хӏисабалда росун, дица хӏукму гьабуна районалъул данделъиялда цееги яхъун, депутатаздаги активалъул чагӏаздаги бицине сахлъи цӏуниялъул рахъалъ районалда бугеб хӏехьезе кӏолареб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Яхъана. Кӏалъана. Бицана туберкулез сах гьабиялъул больница- ялда тохтурзабаз ришватал ро- сиялъул хӏакъалъулъги. Гьанире регизе рачӏунел унтаразда жидерго бусен-къайиги босун рачӏаян абиялъулги, дараби гьечӏолъиялъулги, хехаб кумекалъул машина жиндир заманалда росабалъе бачӏунарого букӏиналъулги хӏакъалъулъ. Талихӏалъ, гьеб данделъиялда вукӏун вуго, гьеб дида лъачӏо, республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительги. Гьеб цӏакъ лъикӏги ккана. Нахъисеб къоялъго, туберкулезалъ унтаразул баяназда рекъон, больницаялда ахӏвал-хӏал лъикӏлъанинги абун, дие баркала загьир гьабуна хӏинкъи гьечӏеб кӏалъай гьабуралъухъ районалъул депутатаз, — ан бицана Патӏиматица.\nУнкъоялда анцӏабилел соназул авалалдайин абуни Патӏимат ахӏана Хасавюрт райадминистрациялъул бетӏер Гӏабдурахӏим Бексултановас жинхъего ва абуна дуца Октябрь- ское росдал администрациялъе нухмалъи гьабизе кколин. Гьейги разилъана.\nХадусеб къоялъ росулъе вачӏана райадминистрациялъул вакил, ракӏарана росдал советалъул депутатал, тӏоритӏана рищиял. Гьезул хӏасилазда рекъон, гьей йищана росдал бегавуллъун. Гьеб букӏана 1990 соналъул ихдал заман.\n— Патӏимат, дир ригьалъул чагӏаз рецц-бакъ гьабун, лъикӏаб къимат кьолеб буго жакъаги дуца хӏалтӏулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе, гьекъел-мехтелалде данде рагъ бан гьабулеб букӏараб хӏалтӏуе. Гьелдасанищ дурго хӏалтӏи байбихьараб?\n— Сундасанха байбихьизе кколеб букӏараб? Бищун кӏудияб малгӏун, инсанасул гӏумруялъе хвалил хӏинкъи бугеб лъим чохьонибе тӏолел магӏна гьечӏел гӏадамал гӏадлуялде рачине хӏаракат бахъиялдаса гурони. Гьекъолеб жо сабаблъун къадаралде щвана гӏемерисел. Амма кантӏизаризе, битӏун бицани, бажаричӏо дихъа. Гьеб загьруман сабаблъун дица моцӏалги цӏан судалъул хӏукмуялдалъун туснахъ гьаруралцин рукӏана росулъ. Гьанже гьеб суал, гьекъолел чагӏи цоцо ругониги, дагьаб гӏодобе буссун буго. Аллагьасдехун руссаразул къадар цӏикӏкӏана.\nЭбел-инсуца жидерго лъималазул гӏадин тӏалаб гьабулаан Патӏиматица росдал гӏадамазул. Радал яхъун росу тирулаан, рокъорокъое яккун цӏех-рех гьабулаан, барщарал рекъезарулаан.\n— Бикъизеги босизеги ресал доб мехалъ кигӏанги рукӏана. Амма дица гьабичӏо гьеб хӏарамаб жо, — ян ракӏалде щвезабула Патӏиматица. — Доб мехалъ рукъзал разе ракьал ричун росиги жеги баккун букӏинчӏо, лъие цебе-нахъе хур кьелебали сияхӏалги гьарулел рукӏинчӏо. Дида жакъаги бичӏчӏуларо щай гьел цӏарал хъвазе кколел, щай рукъ базе бакӏалъе ракь кьезе ирга чӏезабизе кколебали. Лъеберго тӏалаялъул зодобе бахараб лъабнусго хъизамалъе бараб мина бугони, батӏияб иш буго. Гьениб ракь буго бикьун кьолеб. Хисун руго нухмалъулел. Хадубккунисеб иш жидее бокьухъе хӏалтӏизабулеб буго, — ян ракӏ унтараб хабар бицана Патӏиматица ва тӏадеги жубана, — валлагь, хутӏичӏо гӏумруялъулъ дида бихьичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб. Сундасаго рази йиго. Алхӏамдулиллагь. Цохӏо хутӏараб анищ буго хӏежалда щвей. Гьебги Аллагьасул кумекалдалъун тӏубазе хьул буго исана.\nГирай ХӏАЙДАРОВ"}
{"slug": "11404-eltaval-ul-rokh-takhshagaral-ul-gu-rul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11404-eltaval-ul-rokh-takhshagaral-ul-gu-rul", "title": "Эльтавалъул рохь – тахшагьаралъул гьуърул", "date": "2021-03-18 09:41:26", "categories": ["tab"], "text": "Махӏачхъалаялъул мэрас лъазабуна: «Эльтавалъул рохь ккола хас гьабун цӏунулеб паркалъулаб ракь (ООПТ)». 2019 соналъул байбихьуда Махӏачхъалаялъул мэрлъиялде рищиязда гӏахьаллъулев вукӏарав Салман Дадаевас аслиял масъалабазда гьоркьоб рехсон букӏана, тахшагьаралда гӏурччинлъи гӏемерлъизабиялъул мурадалда, Эльтавалъул рохь цӏигьаби ва гьеб пачалихъалъ цӏунулеб ракьлъун лъазаби.\nШагьаралъе нухмалъи гьабизе байбихьарабго, Салман Дадаевас кӏвар буссинабуна гьеб масъала- ялде. Судалъул хӏукмабазул кумекалдалъун, Эльтавалъул рохьил бутӏаби муниципалитеталъул мулкалда гьоркьоре рачун бажара на ва гьелъие кьуна «хас гьабун цӏунулеб паркалъул ракьин» абураб статус. Гьедин гьабизе кколин бицунеб букӏана цебегоялдаса нахъе. Амма хабар гӏемерлъун, гьабулеб иш дагьлъун, цебетӏолеб жого лъугьинчӏо тахшагьаралъул цересел нухмалъулезухъа.\nЖамгӏиятчагӏаз чанцӏулго ахӏи бахъинабун букӏана Эльтавалъул рохьалда гӏагарлъухъ, тахшагьаралъул парказда сверухъ ва жанир минаби раялда бан. Масала, 2016 соналда хӏалбихьун букӏана, федералияб проекталда рекъон, «Россия – дир тарих» абураб музей тахшагьаралъул Ленинил Комсомолалъул цӏаралда бугеб паркалда базе. Доб заманалда жамгӏиятчагӏазул хӏаракат бергьана ва парк цӏунун бажарана. Амма Эльтавалъул рохьил тӏалаб гьабулеб идараго букӏинчӏо ва ахираб лъеберго соналда жаниб республикаялъул аслияб шагьар махӏрумлъана рохьил 48 гектаралдаса.\nЭльтавалъул рохьоре хӏухьбахъиялъе гӏадамал гъираялда хьвадулебги заман букӏана. Ахӏвал-хӏал хисизе байбихьана араб гӏасруялъул 90-абилел соназда. Дагъистанияз, цӏоб тун, къотӏана рохь ва рана минаби. Рохьалде иргадулаб гьужум гьабуна 2014 соналда: жагъалал минабахъа гӏадамал гочинариялъул мурадалда гьениб бана гӏемертӏалаяб мина. Шагьаралъулазул гӏумру лъикӏлъизабизеян гьабураб хӏалбихьиялдаса пайда босана хехго бечелъизе бокьарал гӏадамазги. Гьересиял документалги гьарун, гьез байбихьана рохьил бутӏаби кквезе. Хӏинкъи букӏана къанагӏатаб тӏабигӏаталъул гӏурччинаб гьеб бокӏон тӏубанго тӏагӏиналда.\nЖурналистаз гӏуцӏарал цӏех-рехаздалъун чӏезабуна, рохь цӏунулеб бугинги абун, жавабиял идарабаз, гьездаго гьоркьор тахшагьаралъул власталъул гӏуцӏабазги хӏакъикъаталда гьеб рахъалъ кинабгӏаги тадбир гьабулеб гьечӏолъи. Судалде кьун рукӏана пуланаб ракьул бутӏаялъул бетӏергьан чӏезавиялъул хӏакъалъулъ гӏарзаби, амма шагьаралъул администрациялъул цониги вакил ун гьечӏо судалъул данделъиялде. Гьединлъидал судалъги чӏезабуна жидехъе хитӏаб гьабурав чи гьес бихьизабураб ракьул бетӏергьан вугилан.\nГьединаб ахӏвал-хӏалалда цебе хӏетӏе лъезе байбихьана 2019 соналъул авалалда. Кӏиго лъагӏалида жаниб бакӏарана 81 ракьул бутӏаялъул хӏакъалъулъ материал. 30 ракьул бутӏаялда бан судалде хитӏаб гьабуна ва 22 ракьул бутӏаялъул рахъалъ гьабун буго судалъул хӏукмуги. Гьединаб хӏалтӏул хӏасилалда 19 миллионгун анлънусазарго гъурщил багьаяб 3,4 гектар ракьул тӏад буссинабуна муниципалияб мулкалде. Гьабсагӏа талда хас гьабун цӏунулеб ракьлъун рикӏкӏуна 22 га. Юристазулги мулкалъулгун ракьул бухьеналъул рахъалъ махщелчагӏазулги цадахъаб хӏаракаталдалъун шагьаралъе кинабниги тӏад буссинабуна 165 га ракьул – гьелъул кадастралъулаб багьа ккола цо миллиард гъурщидасаги цӏикӏкӏун.\nГьеб рахъалъ хӏалтӏи жеги гьа- булебги буго. Муниципалитеталъ тӏад буссинабураб ракьалда исана гӏуцӏизе буго хӏухьбахъиялъул лъаб го ах. Низамги хвезабун, кадаст ралъул документал кьун рукӏарал ракьалги муниципалитеталъухъе тӏад руссинарун, 2020 соналда Махӏачхъалаялда базе байбихьана социалияб инфраструктураялъул 15 объект – ичӏго лъималазул ахги анлъго школаги. Жеги гьабулеб буго лъималазул ахалгун школал ва поликлиникаби разе ракьал эркен гьариялъул хӏалтӏи. Ракӏалда буго 50 ракьул бутӏаялда инвестициязулал проектал гӏумруялде рахъинаризе. Гьелъ рес кьела тахшагьаралде инвесторал рачӏинаризеги, гӏадамал хӏалтӏудалъун хьезаризеги ва шагьаралъул сверухълъи берцин гьабизеги.\nЭльтавалъул рохьалъе хасаб статус кьеялъги бихьизабулеб буго масъалаби тӏуразариялде Махӏачхъалаялъул мэрасул чӏванкъотӏараб бербалагьи бугеблъи.\nЩиб гьукъун бугеб Эльтавалъул рохьоб?\n— Бегьуларо капиталияб къагӏидаялъ бакӏал разе, нухал рахъизе, газалъул магистралияб рогӏоро лъезе ва цӏикӏкӏараб хӏалуциналъул токалъул кварал рачине.\n— Эльтавалъул рохьил гӏагарлъухъ гӏумру гьабулел, ай ракьул бутӏаялъул бетӏергьабилъун кколел яги ракьалдаса пайда босулел гӏадамазе гьукъун буго цӏатариялъул, загьруял жалазул, минералиял ва органикиял удобрениязул, гьединго бакӏал ралаго хӏажалъулеб къайиялъул складал гӏуцӏизе; промышленнияб производство рагьизе, тӏабигӏат чорок гьабулеб автосервисалъул объектал разе.\nРФялъул Экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъ 2014 соналъул тӏоцебесеб сентябралда тасдикъ гьабураб №540 буюрухъалда рекъон, Эльтавалъул рохьоб базе бегьула: культураялъулгун хӏухьбахъиялъул парк; спорталъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏарал майдан; тарихиябгун маданияб хӏаракатчилъи гӏуцӏизе.\nРехсараб низам хвезабурав чиясе гьабизе буго тамихӏ. Хас гьабун цӏунулеб паркалъул ракьалда чӏезабураб низамги хвезабун, гьелъие материалияб рахъалъ зарал гьабурав чиясда тӏадаб буго тӏолабго зарал бецӏизе."}
{"slug": "11488-rii-ikh-bitiagi-khur-tsiun-bachiagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11488-rii-ikh-bitiagi-khur-tsiun-bachiagi", "title": "Рии-их битӏаги, хур цӏун бачӏаги", "date": "2021-03-25 08:23:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Их тӏаде щвей кӏодо гьабулеб байрам букӏана араб рузман къоялъ Махӏачхъалаялда. Гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул кьерал, магӏарухъ гӏурал нигӏматазул махӏ, гӏасрабаз цӏунарал бакънал, умумузул ретӏакъаялъулъ фольклоралъул гьунарчагӏи — гьеб кинабго тӏибитӏун букӏана Гӏурус театралда цебе бугеб майданалда. Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб къотӏносан унелщинал лъалхъизарулел рукӏана зурмил къвакъваялъги халкъиял гьунарчагӏазул гьаракь-бакъаналъги.\nСанайилго гьеб байрам тӏобитӏула ДРялъул Культураялъул министерствоялъул халгьабиялда гъоркь, республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул идараялъул нухмалъиялдалъун ва Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъул кумекалдалъун. Исанасеб ихдалил фестиваль хурхинабун букӏана ДАССР гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялдаги.\nБайрамалда гӏахьаллъана республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса 20 фольклоралъул коллектив, профессионалиял ансамблял, цо-цо миллиял театразул коллективал. Щибаб миллаталъул вакилзабаз гьенибе босун бачӏун букӏана гӏасрабаз цӏунараб рухӏияб хазина, хаслъи Тадбир бачунез къокъго бицана ихдалил байрам тӏобитӏиялъул рахъалъ республикаялда цӏунун хутӏарал гӏадатазул хӏакъалъулъ. Гӏурусаз — «Масленица», лезгияз — «Яран Сувар», табасараназ – «Эбелцан», агулаз – «Хидин уш», тумаз — «Интнил хьхьу», лъарагӏаз – «Гъазза новруз», нугъаязгун азербайжаназ – «Новруз», рутулаз – «Эр», цахураз – «Юх- ханинйегъ», даргияз – «Хӏебла бери», татаз – «Шэгьме-васал». Щиваб коллективалъул букӏана, балагьарал доб цебесеб заманалде рачунеб, гьанжесел гӏелазе балъголъилъун бугеб гӏадат.\nМагӏарул миллаталъ ихдалида дандчӏвай гьабулеб къагӏида бихьизабуна Лъаратӏагун Шамил районазул фольклоралъул ансамбляз ва цӏияб Гӏурада росдал школалъул коллективалъ. Кӏиябго мадугьалихъ ругел районазул гьунарал данджуран хӏадурараб «Оцбанкъо» букӏана тӏубараб гьеб байрамалъего гвангъи кьолеблъун. Зурмил чан батӏияб накъит, кьурдул свериялъул чанго батӏияб расен жанибе бачун букӏана гьезул программаялъ. Гӏадаталда рекъон, оцбанкъоялъ балугълъарал васаз жамагӏаталда цебе балеб гьа, тирилъиялъе гьезул къецал, «рииих битӏайги, хур цӏун бачӏаги» абун ахӏулаго бегуниса тӏимугъги ретӏун цӏикӏкӏараз хуриб балеб тӏоцебесеб рахъ — инсценировкаялдалъун бихьизабизе хӏаракат бахъана гьез. Шамил районалъул росабалъ жакъаги цӏунараб хаслъи буго гьеб. Къокъго абуни, батӏиябго къартӏ, ракӏ терхезабулеб чӏурканлъи бихьизабуна тӏадмагӏарухъа рещтӏарал нилъер миллатцояз.\nЦоги цӏакъго лъикӏаб церерахъин букӏана фольклориябгун этнографияб «Айланай» ансамблялъул. Нугъаязул мацӏго бичӏчӏуларездаги гъаргъар балеб хӏалалъ гӏуцӏун букӏана гьез жидерго программа.\nМахсара-хочӏ, гьара-рахьи, гьаваялда палугьаназул гьунарал — балагьаразул ракӏазе, жал дагъистаниял рукӏиналдаса чӏухӏиги рохелги кьолеб, умумузул ракьалде ракӏал цӏазарулеб тадбир букӏана гьеб. Балагьизе рачӏаразул гӏемериселги рукӏана гӏолилал ва гӏисинал лъималгун цадахъ цӏикӏкӏарал чагӏи. Гьезие, жидецаго хӏадурарал, миллиял кванил нигӏматал рикьулел рукӏана фольклоралъул гьунарчагӏаз.\nПатӏимат ИБРАГЬИМОВА"}
{"slug": "11489-moskvayalda-kkarab-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11489-moskvayalda-kkarab-dandchivaj", "title": "Москваялда ккараб дандчӏвай", "date": "2021-03-25 08:34:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "24 марталда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов дандчӏвана Россиялъул лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министрасул заместитель Наталья Бочаровагун. Гьез бицана ралел бакӏазулгун ракьул участкабазда хурхарал суалазул хӏакъалъулъ.\nГьениб хӏукму ккана республи- каялъул къайимлъиялда букӏараб ракьул 50 гектар федералияб бетӏергьанлъиялде кьезеги. Гьелъул бакӏалда хисун республика- ялъе кьолеб буго цебе федералияб бетӏергьанлъиялда букӏараб, Дер- бенталда бугеб ракьул 124 гектар.\nГьединго нилъер республикаялда ругел, амма РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул къайимлъиялде кколел ракьазулги бицен ккана гьениб.\nДандбана «Гӏелму» абураб миллияб проект республикаялда цебетӏезабиялда хурхун гьабизесеб хӏалтӏиги.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11490-sportsmenasda-giajib-batichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11490-sportsmenasda-giajib-batichio", "title": "Спортсменасда гӏайиб батичӏо", "date": "2021-03-25 08:35:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 марталда ДРялъул Верховный судалъ ритӏухъ гьавуна 2018 соналда Росгвардиялъул хӏалтӏухъан Мурад Рамазанов чӏваялда гӏайиб гӏунтӏизабулев вукӏарав Шагӏбан Мачиев. Гьев ккола рагъулаб самбоялъул рахъалъ чемпион.\nХӏалтӏухъабазул баяналда рекъон, 2018 соналъул ноябралда, пуланаб клубалда кьвагьа-гӏанхъиги рагӏун, щиб-кинали балагьизе гьениве щварав М. Рамазановасда таманча речӏчӏун буго Ш. Мачиевас. Цогидаб баяналда рекъонин абуни, Ш. Мачиев клубалде вачӏун вуго жиндирго гьалмагъ Хӏаскъил Якъубовгун. Гьенив данделъула Росгвардиялъул хӏалтӏухъан Мурад Рамазановги. Хабар-кӏалалда рукӏаго, Ш. Мачиевасдаги М. Рамазановасдаги гьоркьоб ккола дагӏба-рагӏи. Иш гьелда къокълъичӏо, ва Рамазановас Мачиев къватӏиве ахӏула. Гьениб Мурадица таманча бахъула ва, цо нухалда гьаваялдеги кьвагьун, Шагӏбанида речӏчӏула. Мачӏчӏалъ гуллаги щун, Мачиев гӏодов ккола. Гьебсагӏат тӏаде щварав Хӏаскъил Якъубовас Мурад Рамазановасухъа таманча бахъула ва гьесда речӏчӏула. Гьелъул хӏасилалда Росгвардиялъул хӏалтӏухъан гьеб бакӏалдаго хола. Бох лъукъарав Шагӏбанин абуни, больницаялде хъамула ва сахлъун къватӏиве виччарб къоялъго Цӏех-рехалъул комитеталъул хӏалтӏухъабаз ккола.\nГьединаб буго кӏиго сонгун бащдалъ цебе ккараб лъугьа-бахъиналъул къокъаб хӏасил.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11492-granata-yasikio-guro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11492-granata-yasikio-guro", "title": "Граната «ясикӏо» гуро", "date": "2021-03-25 08:39:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хасвюрталъул №10 школалда, ОБЖялъул дарсил заманалда, кьвагьана РГД-5 граната.\nГьелъул хӏасилалда лъукъана учитель. Лъугьа-бахъин ккана 23 марталда. Дарсида, лъималазда РГД- 5 гранатаялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьеб тохлъукьего кьвагьана. Учитель лъукъун гурони, лъималазе зарал ккечӏо. Лъукъарав шагьаралъул централияб больницаялде щвезавуна. Кин школалде гьединаб граната ккарабали цӏех-рех гьабулеб буго.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11493-giansiyal-rosabal-e-nukh-k-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11493-giansiyal-rosabal-e-nukh-k-ana", "title": "Гӏансиялъ росабалъе нух къана", "date": "2021-03-25 08:46:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "24 марталда Анцухъ мухъалде гӏансиги тӏун, 29 росулъе нух къотӏана. Хехаб заманалда жаниб нух бацӏцӏад гьабизе бугин лъазабуна республикаялъул Транспорталъул министерствоялъ.\n21 марталда Рутул районалъул Цӏахур росдада аскӏоб гӏансиги тӏун, ичӏго росу хутӏана жанибе нухги гьечӏого. 23 марталда гӏансиги тӏун, нух къотӏана Гъуниб-Вантляшевский габурлъухъги. Гьебго къоялъ къасиялдехун цӏидасан гӏанси тӏуна Рутул районалда. Гьаб нухалъги нух гьечӏого хутӏана ичӏго росулъ гӏумру гьабун вугев 4000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11494-bolnitsa-k-achiaze-100-million", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11494-bolnitsa-k-achiaze-100-million", "title": "Больница къачӏазе 100 миллион", "date": "2021-03-25 08:50:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 марталда букӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда Сергей Меликовас тӏадкъай кьуна республикаялъул тӏомолгун венерологиял унтабазул диспансер къачӏазе. 1972 соналдаго бараб больницаялда гьелдаса нахъе цониги нухалъ гьабун гьечӏо ремонт.\nГьебго къоялъ больницаялде щвана вице-премьер Анатолий Карибовасул бетӏерлъиялда гъоркь комиссияги. Жанисанги къватӏисанги къачӏазе бугин больницайин абуна Карибовас. Ремонталъулал хӏалтӏабазе биччазе буго 100 миллион гъурущ.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11495-kidadaj-betsiun-bakh-ina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11495-kidadaj-betsiun-bakh-ina", "title": "Кидадай бецӏун бахъина?", "date": "2021-03-25 08:59:42", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Бухӏараб токалъухъ кьезе кколеб налъул рахъалъ нилъер республика тӏоцебесеб бакӏалде ккун буго РФялъул регионазда гьоркьоб.\nИнформалатазе гьединаб баян кьуна «Россети Северный Кавказ» абураб компаниялъ. Исана январь, февраль моцӏазда жаниб налъи бахун буго 10-ялдаса цӏикӏкӏун миллиард гъурщиде.\nГьелда гьоркьоса 6, 8 млрд гъурущ ккола гӏадатияб халкъалъ кьезе кколеб. Хутӏараб 4, 8 млрд гъурущ буго батӏи-батӏиял предприятиязда ва организациязда хадуб бугеб налъи.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11496-giiyal-gangi-purchiinadul-khongi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11496-giiyal-gangi-purchiinadul-khongi", "title": "Гӏиял гьанги пурчӏинадул хьонги", "date": "2021-03-25 09:01:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Магнит» абураб дармилаб централъ тӏалаб гьабулеб буго нилъер гӏиял гьан.\nГьелъул вакилзабаз лъазабуна жидеца босизе бугин бокьараб тайпаялъул гӏиял гьан.\nГьединго гьез къотӏи-къаял гьарулел руго магӏарухъ гӏезабураб пурчӏинадул, ялъуни лъолъол гьабураб хьон, хурдузул чай, ахбазаналъул бахъараб сок ва цогидабги нигӏмат босизеги. Бацӏцӏадаб, татуяб, химия гъорлъ гьечӏеб тӏагӏам жидерго тукада чӏезабизе ракӏалда буго гьезда.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11502-24-azargo-chiyas-vaktsina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11502-24-azargo-chiyas-vaktsina", "title": "24 азарго чияс-вакцина", "date": "2021-03-25 11:17:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 марталда республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовги гӏахьаллъун тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана ковидалде данде вакцина гьабиялъул рахъалъ гьабсагӏат ругел хӏасилазул хӏакъалъулъ.\nЖакъа къоялде республикаялда прививка гьабуна 24 азарго чияс. Вакцина гьабиялъе жеги 3000 цӏияб препаратги бачӏун буго республикаялде.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11503-deklaratsiya-k-abul-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11503-deklaratsiya-k-abul-gabuna", "title": "Декларация къабул гьабуна", "date": "2021-03-25 11:27:59", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул данделъи. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб собраниялъулги Жамгӏияб палатаялъулги вакилзаби, министрал, вузазул ва профессионалияб лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, муниципалитетазул лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел ва жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзаби.\nДанделъи рагьана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Анатолий Карибовас. Гьес абуна 2020 соналда, улкаялда коронавирусалъул унти тӏибитӏун букӏаниги, «Лъай кьей» абураб миллияб проектги цогидал программабиги гӏумруялде рахъинариялъул мурадалда министерствоялъ гӏемераб хӏалтӏи гьабунин абун.\nДанделъиялда кӏалъана министралъул ишал тӏуралей Уммупазил Гӏумароваги. Гьелъ бицана 2020 соналда гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. «Лъай кьей» ва «Демография» абурал проектазда рекъон, Дагъистаналда бана 3600 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 14 школаги 1430 лъимадуе бакӏ бугеб 14 ясли-ахги. 2021 соналда бан бахъинабизе ккола 8710 цӏалдохъанасе бакӏ 16 школа ва 7670 лъимадуе бакӏ бугеб 45 ясли-ах. Гьелде тӏадеги, цогидал программабазда рекъон, балеб буго 6774 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 24 школаги 1199 гьитӏичасе бакӏ бугеб 15 лъималазул ахги. Хӏажат буго къокъаб заманалда жаниб хӏалтӏизе байбихьизе ругел гьел идарабазда санагӏатал шартӏал гӏуцӏизе: хӏалтӏухъабаздалъун хьезаризе, лъай кьеялъул программаби хӏадуризе, нормативиялгун правоялъул документал къачӏазе», – ян бицана министралъ.\nБицана ЕГЭялъул хӏасилазул хӏакъалъулъги. «2020 соналда лъабго проценталъ цӏикӏкӏана киналго экзаменазда 80-ялдаса цӏикӏкӏун баллал щварал цӏалдохъабазул къадар. Гӏемерлъана 100 балл щварал цӏалдохъабиги – 56 чиясе щвана 100 балл. Гьелдаго цадахъ, жеги гӏемер руго бищун дагьаб баллцин щвечӏел цӏалдохъабиги: 2019 соналда вукӏана 5687 цӏалдохъан, 2020 соналда — 5514.\nХашал хӏасилал ккана республикаялъул 155 школалда. Хал гьабуна гьелъие ругел гӏиллабазулги: нухмалъулезул пайда гьечӏолъи, кадрабазул масъалаби, дагьал комплектазулаб школа букӏин, материалияб рахъалъ мукъсанлъи. Хӏадурун буго щибаб школалъе кумек гьабиялъул методика ва чӏезарун руго кураторал.\nГьеб иш, ай школалъе кумек гьаби, тӏад къан буго Дагъистаналъул Лъай кьей цебетӏезабиялъул институталда. Гьебго мурадалда, «Букӏинеселъул учитель» абураб проекталда рекъон, 2020 соналда рагьана кӏиго центр: «Лъай кьеялъул даражаялъе къимат кьолеб» ва «Гьоркьоса къотӏичӏого учителасул лъай кьеялъул профессионалияб махщел камил гьабиялъул». 2021 соналда гьел центразда кумек гьабизе буго 5000 учителасе», – ян бицана У. Гӏумаровалъ.\nХасаб кӏвар кьуна министралъ классалъе нухмалъи гьабиялъухъ чӏезабураб гӏарац заманалда кьезе ккеялдеги.\nДанделъиялъул ахиралда къабул гьабуна 2021 соналде цере лъолел ругел масъалабазул хӏакъалъулъ декларация.\nГьелдаса хадуб учительзабазе кьуна шапакъаталги. Гьединазда гьоркьове ккана Гъуниб районалъул Агъада росдал школалъул учитель Ш. Дибирмухӏамадовги.\nДагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ Уммупазил Гӏумаровалъе кьуна «Ватӏаналъул ясал» абураб Россиялъул Руччабазул союзалъул орденги.\nК. СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "11522-umumuzul-irs-naslabaze-dars", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11522-umumuzul-irs-naslabaze-dars", "title": "Умумузул ирс — наслабазе дарс", "date": "2021-03-26 09:02:39", "categories": ["insan"], "text": "Рекӏелъго миллияб накъищгун вижула цо-цо чи. Гьеб тӏокӏлъи кверзул устарлъиялдалъун загьир гьабулез наслабазе нахърателги тола. Гӏолилазда гьоркьор гьединал гьунарал тӏатиндал, цӏакъго ракӏ бохула.\nШамил районалъул Гьоори росу буго гьунаразул гъамас гӏадаб бакӏ. Кьурди-кечӏалъе гуребги, цӏар рагӏарал къадахъабиги цӏулал устарза- биги гӏемер рахъана гьениса.\nХалкъалъе загьираб гьунаралъул чи вуго гьаниб гъоркьехун бицен гьабулев Гьоориса гӏолилав Хӏасанов Мухӏамадги.\nХӏебда, Авар гӏурул рагӏалда буго гьезул мина. Азбар-къоного буго гьезул музей гӏадаб бакӏа-бахариялъул бакӏ. Бахчагун ахгицин къачӏан буго щибаб бокӏоналда цӏулалгун ганчӏил ва тӏугьдузул композициял- ги гӏуцӏун. Гьеб хъизамалъего кьун буго Бетӏергьанас тӏабигӏаталъул берцинлъи халлъулеб, гьеб хаслъи цогидазеги тӏатинабун бажарулеб дуниял бихьи. Хъизамалъул бетӏер Хӏасан вуго махщел камилав цӏулал устар. Гьединазул хӏакъалъулъ халкъалъ абула « Аллагьас меседил кве- рал кьун ругинги». Хъизан -Марина лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏулей йиго районалъул фоль- клор цӏунулезул, гьелъул берцинлъи халкъалъухъе кьолезул мухъилъ. Шамил районалъул «Дагъбаш» ансамблялда гьоркьой умумузул кьурдабазул расенгун гьей цее яхъуна къватӏисел улкабазда, Россиялъул шагьаразда тӏоритӏулел чӏахӏиял тадбиразда. Гьединал, ракьалда берцинлъи бекьулел эбел-инсул ро- хелги чӏухӏиги буго жидедасаги цӏикӏкӏараб гьунар бугеб лъимер лъугьин.\nКодобе щвараб хъарщи-цӏулалъул кесек рухӏ лъураб гӏадин батӏи- батӏиял сипатаздалъун чӏаголъизабулеб гьунар буго гьезул вас Мухӏамадил. Канлъукълъиялъул сакъатлъи бугониги, гьитӏинаб мехалдаса нахъего суратал рахъулев вукӏунаан гьев.\nВасасул гьунар камиллъана Дагъистаналъул М. А. Жемалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялда щвараб лъаялъги. Гьенив цӏалулаго гьарурал умумузул рухӏияб ирсалъул, бахӏарчилъиялъул, ватӏан бокьиялъул темаби рагьулел хӏалтӏабигун Мухӏамад Хӏасанов гӏахьаллъулаан тахшагьаралъул ва республикаялъул даражаялда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял къецазда. Гӏасрабазул нугӏзаллъун ругел жидерго некӏсияб Гьоори росдал сиязул, гьезул ганчӏазда рикӏарал накъищазул хӏисаб гьабун хӏадурарал хӏалтӏабаз хасаб бакӏ ккола гьесул творчествоялда. Мухӏамадил гьунаралъе мустахӏикъаб къиматги шапакъаталги кьуна гӏемерал конкурсазда. Щибаб гьединаб гӏахьаллъиялдаса хадуб гьесул гъира цӏикӏкӏунеб буго жиндирго анищал, пикраби хӏалтӏабазулъ рихьизаризе.\n«Умумузул ирс» абураб цӏаралда гьесул хӏалтӏабазул выставка букӏана гъоркьиса Буйнакск шагьаралъул музеялда. Гӏемерав чи гӏахьаллъараб гвангъараб тадбир лъугьана гьеб выставка рагьулеб къоялъ. Искусство бичӏчӏулез цӏакъ тӏадегӏанаб къиматги кьолеб букӏана гӏолохъанав художникасул гьунаралъе.\nГьанже Мухӏамад хӏалтӏулев вуго Шамил районалъул искусствоялъул школалда художник-мугӏалимлъун. Заочно цӏалулев вуго ДГПУялъул худграфалда. Гьес гъираялда ругьун гьарулел руго хӏебдасезул лъимал жиндирго махщалиде, тӏатинарулел руго гӏисинал гьунарал. Цӏалдохъабазул бажариялдаса лъимер гӏадин живгоги вохула гьев.\nГьев цӏакъго кӏвар кьун хӏалтӏулев вуго махщел камил гьабиялда тӏад, лъикӏаб къимат жиндиего кьурабгӏан жавабчилъи цӏикӏкӏунеб буго гьесулъ.\nХӏасановасул хӏалтӏабазулъ такрарлъула бахӏарчилъиялъул ми- саллъун ругел хӏайваназул сипатал, гьайбатаб тӏабигӏаталъул бутӏаби, некӏсияб архитектураялъул хутӏелал. Цебесебги цӏунараб, цӏиябги бихьизабулеб хасаб хатӏ буго гьесул.\nРекӏелъ бугеб миллияб накъищ, гьунар загьир гьабизе хӏаракат бахъизе кколин рикӏкӏунеб буго гӏумруялъул 22 сониде вахарав художникас.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "11528-mukhiamad-giaripov-die-dande-kkola-khialtii-koleb-mekhalda-dikh-a-bazhariladaj-gebilan-gik-ulel-chagii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11528-mukhiamad-giaripov-die-dande-kkola-khialtii-koleb-mekhalda-dikh-a-bazhariladaj-gebilan-gik-ulel-chagii", "title": "Мухӏамад Гӏарипов: «Дие данде ккола хӏалтӏи кьолеб мехалда, дихъа бажариладай гьебилан гьикъулел чагӏи»", "date": "2021-03-26 12:06:22", "categories": ["gara"], "text": "Ахираб заманалда республикаялда нухмалъулезул гӏуна чанго батӏияб гӏел: умумузул бакӏазде рачӏана гьезул лъимал. Амма 35 соналъ хиси гьечӏого Гъуниб районалъул Кӏогьори консервазул заводалъул директорлъун хӏалтӏулев вуго Гумбет районалъул Ингишоса Мухӏамад Гӏарипов.\nИнституталдаса хадуб Росдал магӏишаталъул министерствоялда хӏалтӏулев вукӏарав гьев Гъоркьияб Гъазданущиве консервазул заводалде витӏулев вукӏун, ахирги къисматалъ магӏарухъе вачана. Гьелъулъ букӏана цоги магӏнаги – къокъабго заманалда жаниб Кӏогьоривги хӏалтӏун, республикаялъул тӏалъиялъ Мухӏамадида тӏад къазехъин букӏана хӏукуматалъул кӏудияб хъулухъ. Цере кадраби гьедин гӏезарулел рукӏиндалха.\nАмма 35 соналда жаниб республикаялда чанцӏулго тӏалъиги хисун, Мухӏамад я Махӏачхъалаялде тӏад вуссинчӏого, я жиндирго Ингишове инчӏо. Жакъа республикаялъул экономикаялъулъ хасаб бакӏ ккола гьеб заводалъ. 19 соналъ тӏатӏалаго заводалъ бергьенлъи босана «Сто лучших товаров России» абураб конкурсалдаги. Россиялда къанагӏатаб хӏужа ккола гьеб.\nГьединго кӏагьадерил заводалъул цӏар рагӏана Россиялъул регионазда гуребги, Турциялдагун Германиялдаги.\nЗавод хӏалтӏулеб буго 1949 соналдаса нахъе.\nГьеб киналдаго тӏасан гьадинаб гара-чӏвари ккана нижергун Мухӏамад Гӏариповасул.\n— Мухӏамад, батӏияб районалдаса чи хӏисабалда, байбихьуда Кӏогьориве вачӏиндал, гӏадамазул дудехун кинаб бербалагьи букӏараб?\n— Дица гьезда бачӏинахъего бичӏчӏизабуна дун гьаниве диего хайир цӏехон вачӏарав чи гурев, унго-унголъунги гьезул гӏумру лъикӏлъизаби мурадалда хӏалтӏизе вачӏарав вукӏин. Хадуб байбихьана диего мина базеги ах гӏезабизеги. Цинги дирго лъабайго ясги цӏалана гьаниб дицаго бараб школалда, хъизанги гьанийго хӏалтӏана учительницалъун.\nСовхозалъул директорлъун иналде гӏакълу дандбазе дун щвана цеве гьаниб совхозалъул директорлъун вукӏарав Ругъжаса Чупан Мажидовасухъе. Районалъул тӏоцевесев секретарьлъунги вукӏарав, дозги веццулев чи вукӏана гьев. Чупанидаса хадув тун вугоан Мухӏамаднаби Гӏумаров. Гьесухъеги ана дун.\n— Дида рагӏана консервалги къватӏире риччан чӏечӏого, совхозалда гъорлъ ругел росабазул хӏажалъабиги тӏуралаанин дуца…\n— Доб мехалда завод совхозалда гъорлъ букӏана. Гьединлъидал дунго лъикӏав лъугьун тӏаде росулаан дица гьел ишал. Амма щибго гьабичӏого чӏаниги, дида тӏадкӏалъалев чиги вукӏунароан.\nЗаводалда хурхинчӏел суалал тӏуразе ресалги гӏезегӏан рукӏана доб мехалда. Совхозалъе щолеб пайдаялъул 90 процент кколаан заводалъе щвараб, гӏицӏго 10 процент – совхозалъул.\nХӏукуматалъ бокьанагӏан гӏарацги биччалаан хӏалтӏулев чиясе: нухал рахъизе, минаби разе ва цогидалъе. Гӏицӏго заводалъул хӏалтӏиги гьабун чӏечӏого, совхозалда гъорлъ ругел росабазул цо-цо хӏажалъаби тӏураялъе квербакъилинги ракӏалде кколаан дида. Масала, Хӏотӏочӏиб росдае къваригӏун букӏана лъим. Гьезул руччаби хасалоги къаси сагӏат кӏиго тӏубазегӏанги къулгӏадухъ рукӏунаан иргаялда гӏертӏалги лъун. Тӏадежоялъе, Чачаналде гочинарун рукӏиналъ доб хӏукуматалдаса разилъи гьечӏолъиги букӏана гьезул гӏадамазул.\nГьедин дица хӏаракат бахъана кӏагьадерил магӏардаса Хӏотӏочӏибе лъим бачине. Жакъа къоялда гьеб лъим росдал гӏадамазул рокъо-рокъоб буго.\nХадурго заводалъул ресалдаса Хӏотӏочӏирги, Хьиндахъги, Гъоркьияб Кӏогьорибги ясли-ахалги минабиги рана дица. Масала, цо ясли-ах букӏана изолентаялъ рацӏцӏарал походный кроваталги жанир лъураб, жагъаллъараб, цӏорораб бакӏалда. Дица рана хӏухьладалъун хинлъизарулел, киналго санагӏалъаби чӏезарурал ясли-ахал.\nДун дове вачӏараб заманалда, заводалъул общежитиялъул кӏиго рокъоб бугеб 4 классалъул школаян цӏарги лъун, кӏиго классалда хӏалтӏулей кӏиго учительница йикӏана. Гьениса нахъеги рачун, цӏияб школаги бана. Гьелдалъун жеги 28 чиясе хӏалтӏизе бакӏалги щвана.\nЗаманаялъ къватӏиса вачӏарав чиясул гӏадаб бербалагьи гьабичӏо дица киданиги Гъуниб районалъул гӏадамаздехун. Масала, Хӏотӏочӏиб росдал хабалазда аскӏоб букӏана кӏудияб цо хур. Дагьабниги жо бажарулел чагӏи рачӏунаан аскӏоре, гьеб хур щвезе жидее кумек гьабеян. Амма дица гьезие инкар гьабуна, щайгурелъул кватӏичӏого хабзалги цӏун, гӏадамал рукъизе бакӏ хутӏизехъин букӏинчӏо росулъ. Жакъа иш гьелде ккунги буго. Гьанже хварал чагӏи гьеб хурир рукъула хӏотӏочӏисез.\nХӏабургъарал 1990-абилел соназда районалъул кӏиго нухмалъулев вачӏана дир рокъове цо чагӏигун цадахъ, Хӏотӏочӏиб тукенги Хьиндахъ бугеб совхозалъул администрациялъул минаги гьезие бичеян гьаризе. Бокьарас бокьараб гьабуниги, хадуб хъаравуллъи гьечӏеб заманги букӏана доб.\nГьез бичӏчӏизабулеб букӏана гьеб ишалда гьоркьоса саламатаб давла диеги щвелилан. Амма дица инкар гьабуна гьеб бакӏ росдал хӏажалъабазе толеб бугилан.\nГьеб кутакалда лъикӏги ккана. Гьале жакъа къоялда совхозалъул контора букӏараб кӏитӏалаяб минаялъуб Хьиндахъ байбихьул школа буго, тукен букӏаралъуб абуни Хӏотӏочӏ росдал администрация буго. Дол чагӏазе инкар гьабичӏебани, гьеб мина цо хасав чиясе щвезехъин букӏана.\nГенпланги бахъун, мадугьалихъ вукӏунев чи тӏаса вищизе гӏадамазе жидехъего ихтияр кьуна минаби разе, ахал лъалъазе насосазул станциялги рана. Амма ранигищиб, насос къачӏазецин гӏарацги бакӏаричӏого ракъвазе тун руго гӏадамаз ахал-хурзал. Масала, гьелдаса нахъе араб 28 соналда жаниб цониги нухалда лъалъачӏого гьез гьел насосаздалъун. Цӏад базе бегьулилан чӏолел руго.\nГьединго ахикье кӏанцӏун, хӏайваназ гъутӏби кваназехъин рукӏин рихьун, хъаравул щай гьенив толаревин гьикъана рахӏатхварав дица ракьазул бетӏергьабазда. Гьеб мехалда цояв вуго абулев жиндиени къварилъи гьечӏила гьелъул, жиндир хур гъоба бакьулъегӏан бугила, гьенире щвезегӏан жеги гӏезегӏан хурзалги ругила. Балагье цо нилъер гӏадамазул гӏамал-хасияталъухъ. Дица батӏаго дирго эбел-инсул бакӏ букӏиналъищ гьенибе лъим бачараб ва цогидаб гьабураб?\nЦо нухалъ насосазул станция балаго ккаралъулги бицинин.\nЦо нухалда районалдасаги Махӏачхъалаялдасаги хӏакимзаби рачӏун рукӏана нижехъе.\nГьеб мехалда райкомалдеги ахӏун, цо хӏакимас дида абуна дуца гьабсагӏат гъулбас лъейила насосазул станция бан лъугӏанин абураб кагътида гъоркь. Вахӏ, гьелъул магӏна щибин лъугьана дун. Дуца гьабсагӏаталда гъулбас лъейила, гьаз хадуб лъугӏизабулин гьеб станция банилан, тӏаса вичӏулев вукӏинчӏо райкомалъул хӏаким. Махӏачхъалаялдаса хӏакимзабазда цебе гьес бахъулеб хӏаракат букӏанаха живго вихьизавизе бокьараб. Амма документазда гьарурал хъвай-хъвагӏаязул жаваб хадуб дицалъидал кьезе кколеб букӏараб. Гьединлъидал дунги тӏирун чӏана, гъулги басичӏо.\n— Тахшагьаралдаса хӏакимзабазда цеве нечезавурав хӏакимас хадубккун мун хъулухъалдаса нахъе рехизе хӏилла ургъичӏого кин тараб?\n— Гьединал ишаздаса хадуб халкъалъ дир рахъкколеб букӏана, гьединлъидал берда бихьулаго дие квалквалал гьаризе нахъе къалаан хӏакимзаби. Доб мехалда дир гӏезегӏан лъай-хъваялги рукӏана республикаялда. Гьединго бадирчӏваял гьаризеги рес кьолароан дица хӏакимзабазеги цогидазеги.\nДун директорлъун вугебгӏан заманалда цониги хӏалтӏухъанас дида тӏасан гӏарза хъвараб хӏужаги ккечӏо. Дица гьезие шартӏал чӏезарулаан. Масала, байбихьана заводалъул хъаравулзабазе жанир чӏезе квегӏенаб рукъ баялдаса (цере гьел ведроялда жаниб цӏаги бакун, сагулаги ретӏун квачан холел рукӏунаанин бицуна).\nДие сундулъго дуруслъи, чӏванкъотӏи бокьула. Пихъ босун заводалде рачӏарал гӏадамаздехунги гьединалго тӏалабал рукӏуна. Масала, метер вачӏаян къотӏиги гьабун вугев чи жакъаго заводалъул кӏалтӏа чӏун ватана цо нухалда. Амма дица гьесие инкар гьабуна, щайгурелъул гьес гӏадлу хвезабун. Гьесул гурелги рукӏиндал гъора азбар цӏурал пихъил машинаби. Жакъа гьев цеве виччан, метер цогидал къабул гьарун, ахиралда гӏала-гъважаги ккун, хӏалтӏул низам биххулелъул. Гьеб мехалда районалда машгьурал чагӏигицин ритӏун рачӏана дов чияс дида аскӏоре жиндихъа пихъ щай босуларебилан гьикъизе. Гьездаги бичӏчӏизабуна дица гьелъие гӏилла. Гьебги гӏечӏого, жеги цоги цо хъулухъчӏужуги йиго гьебго суалалъ аскӏое ячӏиней. Гьале гьаб дие бокьун босуларин абизе ккана гьелдаги. Дуе бокьарабщинаб гьабулеб бакӏищин гьабилан чӏана гьей. Гьебги гьабулареб мехалда Гумбеталдаса бахъарав дун гьаниве щвезегӏан щай вачӏаравилан махсара дицаги гьабуна.\nПалхӏасил, гьабун хӏалтӏи релълъунеб заман букӏана доб. Цо лъагӏалида жаниб тӏубараб магӏарул цо районалдагӏанасеб хӏалтӏи гьабун батана нижеца заводалъул ресалдаса. Хадуб улкаялъул гӏуцӏиги хисана, совхозги биххана, гьелъухъ рукӏарал ракьалги гӏадамазухъе кьуна. Гьелдаса нахъе чанго сон индал, цо чи лъугьана дие бадирчӏваял гьаризе гьел ракьал рукӏахъего тезе кколаанилан. Вахӏ, бищун тӏоцеве дур эмен гурищ гьел нахъе тӏалаб гьарулев вукӏаравилан гӏажаиблъана дун. Жидедаса гӏакълуги гӏумрудул бичӏчӏиги бугев чи хӏисабалда дуца биччазе бегьулароанин гьеб, мун жидехъ щай гӏенеккаравилан гьикъана дос.\nДица байбихьуда бицана советияб заманалда хӏалтӏизе бокьарав чиясе хӏукуматалъ гӏарцудалъун гьабулеб букӏараб кумекалъул. Гьелдаго цадахъ кьварараб, гӏадилаб заманги букӏана гьеб. Масала, Гъуниб больницаялъе кӏинусго банка компоталъул кьезе ихтияр букӏинчӏо дир. Босизе кколаан наряд. Тӏаде босанагӏан цӏикӏкӏун планги лъолаан.\nЗаводалда къанщинаб банка 10- 15 машина цӏун къойилго Буйнакскиялде («Нагорный Дагестан») цолъиялде битӏулаан нижеца. Гьениса вагоназдаги лъун Россиялъул регионазде баччулаан. Цо нухалда Буйнакскиялдаса ахӏун бачӏана жакъа битӏугейила продукция эхебе, лъезе бакӏ гьечӏила. Гьебго жо нижерги букӏана – складалги рагьтӏа бакӏалги цӏун. Цинги дица Буйнакскиялде ахӏана жакъа нужехъе продукция битӏичӏони, дица завод къазе кколилан. Гьедигӏанги гӏемер букӏана баркат.\nГьанже бугеб ахӏвал-хӏалалъухъги балагьеха: гӏемер руго чӏун хутӏарал яги хӏалихъе хӏалтӏулел заводал. Гьедин букӏиналъул лъиениги ургъелги гьечӏо.\n— Нужеца сокалда тӏад «Зер гут» абун хъваялъул магӏна щиб?\n— Батӏи-батӏиял магӏишатазул директорзабигун цадахъ чанго соналъ цеве Ольденбургалде щун вукӏана дун. Гьенир рихьизе лъурал соказул хӏал бихьулелъул, гьеб шагьаралъул бургомистрас чанцӏулго такрар гьабуна «Зер гут, зер гут!» абун (немец мацӏалда «кутакалда лъикӏаб» абураб магӏна – ред.). Гьелдаса хадуб ракӏалде ккана продукциялда тӏадги щай гьедин хъвазе бегьиларебин абун.\n— Мухӏамад, заводги гьелъул магӏишатги цӏунарав мун гьабщинаб мехалда хъулухъалъ жеги тӏадегӏан вахинавичӏолъи бичӏчӏулеб гьечӏо.\n— Гьебго суал чанго нухалда кьуна дие республикаялъул батӏи-батӏиял идарабазул хъулухъчагӏазги. Дица гьезие махсара гьабуна тӏокӏцӏарал ругел чагӏазе гурони кьоларин гьелилан (Хӏакъикъаталдаги доб мехалда цо-цо хӏакимзабазул рукӏана гьединал тӏокӏцӏарал – ред.).\nАмма Мухӏамадтӏагьир Гӏабдулбасиров РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместительлъун Москваялде ун хадув, гьесул бакӏалда хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместительлъун тезе дир документал тӏалаб гьарун рукӏана Махӏачхъалаялде. Амма гьеб хъулухъалда хадув лъугьинейищ кколев вукӏаравалиха, хадубккун дица гьелъул цӏех-рехги гьабичӏо, гьединлъидал хӏасилги ккечӏо.\n— Мухӏамад, гьебщинаб мехалда къвал къараб заводалъулгун къолъикӏ гьабизехъин бугин рагӏана дуца. Гьеб кодобе кьезе ракӏ рекъарав чи вугищ дуда сверухъ?\n— Дие бокьун букӏана коллективалда гьоркьоса чияс гьеб тӏаде босизе. Гьединлъидал дица бащдаб лъагӏалида жаниб лъабго чиясулгун гьабуна гара-чӏвари. Щивасулгун хабарги бицана. Цояс абуна жинда гьеб иш бажаруларин абун. Кӏиабилесги загьир гьабуна гьединабго пикру: заводалъул жанисеб хӏалтӏи лъаниги, дуца гӏадин, кивего векерахъдун, гьеб тун къватӏибехун гьабулеб иш жиндихъа букӏине кколеб даражаялда бачине кӏвеларилан. Лъабабилесги абуна жиндихъа бажариладайила гьеб. Гьеле гьединал чагӏи данде ккола дие. Щайгурелъул, жинда гьеб хӏалтӏи бигьаго бачине бажарулин абулев чи вукӏуна хӏакъикъаталдаги гьеб иш тӏубан лъаларев чи. Хӏалтӏи лъалев чияс бигьаго гьединаб ургъел ботӏроде тӏадеги босуларо.\nНилъедаго тӏаса аниги, ракӏ унтун нилъецаго гӏемераб мехалъ гьабун цо бакӏалде бахинабураб хӏалтӏул къимат гьабизе бокьулеб буго хадур рачӏунезги. Гӏемераб жо хӏисабалдеги босун, дида ракӏалде ккана генералияв директорлъун вихьизавизе гьабсагӏат бетӏерав бухгалтерлъун хӏалтӏулев вугев Мухӏамадов Шамил -хӏалтӏиги лъалев, коллективалда жаниб хӏурматги бугев, свак гьечӏого хӏалтӏулев, ракӏ бацӏцӏадав инсан.\nГьесдаги кинабго коллективалдаги гьеб ишги баркун, гьарила; баркат бугеб батайги гьабураб хиса-баси!\nАхиралда кьезе бокьун буго КӏУДИЯБ БАРКАЛА – 35 соналъ дида аскӏор рукӏарал Тӏаса ва Гъоркьа Кӏогьори, Хьиндахъ, Хӏотӏочӏи, Гъуниб росдал, тӏолго Гъуниб районалъул росабазул гӏадамазе.\nЗаводалде пихъ кьолел рукӏарал Гъуниб, Чӏарада, Хьаргаби, Хунзахъ, Лаваша ва цогидалги районазул чагӏазе.\nДихъа мекъи ккараб жоялда тӏаса лъугьайинги гьарула.\nАЛЛАГЬ ГУРХӏАГИ КИНАЗДАГО!!!\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "11611-l-abgo-tsiiyav-khiakim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11611-l-abgo-tsiiyav-khiakim", "title": "Лъабго цӏияв хӏаким", "date": "2021-04-01 10:07:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалъул ахиралда республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовас хиса-басиял гьаруна хӏукуматалда.\nСпорталъул ва физическияб культураялъул министрлъун тӏамуна ДРялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ федерациялъул нухмалъулевлъун вукӏарав Сажид Сажидов.\nС. Сажидов ккола дунялалъул ва Европаялъул кӏицӏул чемпион. 2004 соналда Афиналда тӏоритӏарал Олимпиялъул хӏаязда гьесие щвана мазгарул медаль. 2020 соналъул октябрь моцӏалде щвезегӏан вукӏана республикаялъул тӏаса бищараб командаялъул кӏудияв тренерлъун.\nДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Муслим Телякавовасул гӏахьаллъигун тӏобитӏараб данделъиялда Спорталъул министерствоялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай-хъвай гьабуна цӏияв министрасулгун. Гӏемерал соназ гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ, гьанжелъизегӏан министрлъун вукӏарав Мухӏамад (Махӏач) Мухӏамадовасе баркалаги кьун, М. Телякавовас абуна гьесул бажариялдалъун ахирал соназда республикаялда спорталъул гӏезегӏан лъикӏал ишал кканин. Ракӏалде щвезаруна, эркенаб гугариялъул ва боксалъул рахъалъ, щибаб соналъ нилъер спортсменаз росарал бергьенлъаби. Рехсана цогидалги тӏокӏлъаби.\nНижехъе щварал цо-цо баяназда рекъон, гьев Гъизилюрт районалъул нухмалъулевлъун тӏамулев вуго. Гьелъул хӏакъалъулъ бакка-бахъи гьабуна М. Мухӏамадовасги ва абуна нагагь гьаниб «гьава-бакъ рекъечӏев» чи ккани Гъизилюрталде ваккейин, гьениб киназего гӏураб хӏалтӏи букӏине бугин.\nЛъай кьеялъул министрлъун тасдикъ гьавуна республикаялъул росдал магӏишаталъул университеталъул ректорлъун вукӏарав Яхӏя Бучаев.\nЛъай кьеялъул министрлъун тӏамурав Яхӏя Бучаевги бажари бугев, хӏалтӏи бачине лъалев чи вукӏин киназдаго лъала. Гьев ректорлъун вугебгӏан мехалда росдал магӏишаталъул университеталда цониги ришват босараб хӏужа ккечӏин гӏемер бицуна.\nРеспубликаялъул ралел бакӏазул министрлъун тана Артур Сулейманов.\nРалел бакӏазул министрасул хъулухъалде тӏамурав Артур Сулеймановас лъугӏизабуна Нижний Новгород шагьаралъул ралел бакӏазул университет. Дагьаб заманалъ гьенивго хӏалтӏунги вуго. Амма гьесул бажари-гьунар бихьанин абизе бегьула «Ростех» абураб пачалихъалъулаб корпорациялда хӏалтӏулеб заманалда.\n— Дагъистаналда хӏалтӏарав чи гьечӏониги, дида лъала дирго ракьалъул гӏадаталги, умумузул тарихги, рахьдал мацӏги. Республикаялда ругел гӏунгутӏабиги гӏезегӏан лъикӏ лъала. Цере лъурал масъалаби руго кутакалда кӏвар бугел ва хьул буго цадахъ лъугьун гьел тӏуразаризе кӏвелин абураб, — ан абуна А. Сулеймановас министерствоялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай-хъвай гьабулеб мехалда."}
{"slug": "11612-evropayal-ul-sudal-ul-khiukmu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11612-evropayal-ul-sudal-ul-khiukmu", "title": "Европаялъул судалъул хӏукму", "date": "2021-04-01 10:15:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъа кӏиго вас чӏварав Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновасул хитӏабалъухъ халги гьабун, инсанасул ихтиярал цӏунулеб Европаялъул судалъ (ЕСПЧ) хӏукму гьабуна лъимал чӏварав инсуе пачалихъалъ 120 000 евро (10 миллионгун 700 000 гъурущ) кьезе кколин абун.\nМуртазагӏалил васал Набиги Хӏасанхӏусенги чӏвана 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетӏербахъиялъе хинкӏ балагьулел, жамагӏаталъул боцӏиги хьихьун магӏарда рукӏарал гьел чӏвана изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул къукъаялдаса чагӏи ругинги ккун. Гьеб хӏакъикъат хадуб баянлъана. Амма гьел чӏваразе тамихӏ гьабуларого букӏиналъ, щугогӏан соналъ тахшагьаралъул майданалде хьвадана эмен Муртазагӏали. Дир васални гьанже рахъинарин, амма гьеб такъсир лъачӏого кканин абураб жоялъениги мукӏурлъейилан гьарулеб букӏана гьес.\nРеспубликаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралевлъун тӏамун заман балалде С. Меликовас къабул гьаруна чӏварал васазул эбел-эмен. Кватӏун бугониги зигара къабул гьабейилан берцинаб каламги гьабуна гьес. Бицана нужеде бачӏараб къварилъиялъул бакӏлъи жиндаги лъалин, щайгурелъул жиндир васги хванин чияр квердаса. (2007 соналда Дагъистаналда букӏараб цо операциялъул заманалда чӏвана гьес хьихьун гӏурав Дмитрий Серков). Адабалда талихӏкъосарал эбел-эмен тӏаде къабул гьарун хадуб Меликовасдехун лъикӏаб бербалагьиги лъугьана халкъалъул.\nУзухъда, 10 миллион гъурщица васазул рухӏалица къвагъараб эбел-инсул ракӏ сах гьабиларо. Щайгурелъул гьечӏелъулха ракьалда гьеб рухӏел къинабизе кӏолеб къуват."}
{"slug": "11613-k-agiral-ul-majdanalda-khiamzatil-rasul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11613-k-agiral-ul-majdanalda-khiamzatil-rasul", "title": "Къагьиралъул майданалда Хӏамзатил Расул", "date": "2021-04-01 10:17:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "29 марталда Египеталъул тахшагьар Къагьиралда рагьана Расул Хӏамзатов ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда гьесие лъураб бюст. Цӏадаса дунялалдаго машгьурав шагӏирасул сураталда гьабураб ганчӏил си эхетун буго Къагьиралъул «Эль-Хӏуррия» ахикь. Гьениб аскӏобго буго гьезул операялъул минаги.\nГьелъул автор ккола Египеталдаса скульптор ва художник Гӏусама ас- Сеури. Дунялалда гьев лъала искусствоялъул ва гьединго гӏелмуялъул тарихалда кӏудияб лъалкӏ тарал машгьурал гӏадамазе памятникал хӏадурарав чи хӏисабалда.\nШагьаралъул администрациялъе сайгъат гьабуна гьес ганчӏида бикӏараб Хӏамзатил Расулил сурат.\nХӏурматияб ишалъе кӏудияб къимат кьуна Египеталда вугев Россиялъул вакил Георгий Борисенкоцаги. Нижер пачалихъалъул бечедаб тарихги маданиятги Египеталъул халкъалдаги лъазе лъураб галилъун букӏине тейин жакъасеб тадбирилан абуна гьес памятник рагьулеб къоялъ.\nКӏудияв шагӏир чанго нухалда щунги вукӏана Египеталде. Гьезул хъвадарухъабазда ва искусствоялъул хӏаркатчагӏазда гъорлъ гӏемерал гьудулзабиги рукӏана Р. Хӏамзатовасул.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11614-khital-churaral-ukh-300-000-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11614-khital-churaral-ukh-300-000-g-urushch", "title": "Хьитал чураралъухъ — 300 000 гъурущ", "date": "2021-04-01 10:19:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Калининградалда бугеб гарнизоналъул рагъулаб судалъ, гьал къоязда, хӏукму къотӏана нилъер республикаялдаса кӏиго гӏолохъанчиясда хурхун. Гьел ккола Расул Сайхановги Жамалдин Мухӏамадовги.\nКалининградалда бугеб насраниязул килисаялда аскӏосан чвахулеб, дугӏа гьабураб, лъеде гъоркьеги ккун хьитал чураралъухъ уголовнияб дело рагьун букӏана гьезда тӏад араб соналъул сентябралдаго. Гӏолохъабаз рекъечӏеб иш гьабулеб мехалъ бахъараб видео рехун букӏана социалиял сетазде. Телефоналде гьеб бахъарав чиги кколев вуго гьезулго гьалмагъ. Бицен гьабулеб заманалда кӏиявго гӏолохъанчи вукӏана Балтийскиялъул флоталда рагъулаб хъулухъ тӏубалел.\nР. Сайханов жинхъаго ккараб тохаб ишалда рекӏекълъун вуго. Амма уголовнияб тамихӏалдаса гьев тархъан гьавизе гӏураб хӏужа батичӏин судья Константин Батеневасдайин хъвалеб буго «Коммерсантъ» газеталда. Гьез бицунелда рекъон, гьадинаб иш кканинги абун, живго лъикӏав лъугьун Р. Сайханов полициялде вачӏинчӏолъи рагӏула гьелъие гӏилла.\nЖ. Мухӏамадов абуни гӏайибалъе мукӏурлъичӏо. Жив хьититӏе ккараб хӏур бацӏцӏад гьабулев вукӏанин, хӏавузалда тӏад чӏван бугеб насраниязул хъанчил гӏаламат жинда бихьун букӏанин, амма гьелъул цо кӏудияб санго гьабичӏин абуна гьес судалда. Щивниги хӏакъир гьавизе, гьединго насраниязул диналъул адаб тараб жо гьабизе мурадги букӏинчӏилан тӏадеги жубана гьес.\nСудалъ хӏукму гьабуна Расул Сахановасухъа 100 000, Жамалдин Мухӏамадовасухъа 200 000 гъурщил гӏакӏа бахъизе.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11615-zamanal-ul-matiu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11615-zamanal-ul-matiu", "title": "«Заманалъул матӏу»", "date": "2021-04-01 10:21:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "30 марталда Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матӏу» абун магӏарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехьалъул презентация.\nНижеца цебехун бицун букӏахъе, гьелда жанибе бачун буго магӏарул аслияб газеталъул 104 сонилаб тарих.\nЛъабго сагӏаталъ халатбахъараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана магӏарул мацӏги, газетаги, тарихги бокьулел, жал лъикӏал ишаздалъун машгьурал магӏарулал. Масала, ДРялъул бетӏерасул гӏакълучи, гьединго миллаталъул рухӏияв цевехъан Сайгидпаша Гӏумаханов, Жиддаялда РФялъул генералияв консуллъун вукӏарав Багьавудин Гӏалиев, ришватчилъиялда данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулесда цебе гӏуцӏараб Управлениялъул бетӏерасул заместитель Гӏалибег Гӏалиев, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул бетӏерав гӏелмияв хӏалтӏухъан ва филологиялъул гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадов, гьебго институталда грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Мухӏамадов, хӏалхьиялда вугев ФСБялъул полковник Хӏасанхан Ибрагьимов, тарихиял гӏелмабазул доктор, этнограф Мухӏамадхан Мухӏамадханов, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиев, гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцӏул чемпион Къурамухӏамад Къурамухӏамадов, журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидинов, адабияталда хасаб лъалкӏ тарал миллаталъул шагӏирзаби Сабигат Мухӏамадова, Тубхӏат Зургьалова ва гӏемерал цогидалги магӏарулал.\nГьезул киназего «Заманалъул матӏу» сайгъат гьабун букӏаниги, тадбир нухда бачарав Чӏарадаса Ибрагьимил Мухӏамадица байбихьуда рехсана гьениса цо-цо мисалалги. Гьелъ цебе чӏезабулаан 104 соналда жаниб магӏарул журналистика цебетӏураб къагӏида гуребги, колхозалгун ликбезалги гӏуцӏун республикаялда байбихьараб батӏияб заманги.\n«Партиялъулги хӏукуматалъулги политикаялда рекъон, басриял гӏадатазда данде кколебги кколаребги рагъ гьабулеб мех букӏана доб. Гьеб жо загьир гьабизе газеталдаги тӏадаб букӏана.\nМасала, 1937 соналъул 31 августалда газеталда бахъараб заметкаялда хъван бугоан гьадин: «Гумбет районалъул Мелъелтӏа комсомолалъул организациялъул инициативаялдалъун гӏуцӏана безбожниказул организация. Организация гӏуцӏараб къоялдаса нахъе гьеб активияб къагӏидаялда хӏалтӏулеб буго», — ян бицана Ибрагьимил Мухӏамадица.\nДоб заманалъул матӏу бихьизабулеб цойги мисалги рехсана Мухӏамадица гьеб тӏехьалдаса:\n«Къахӏиб районалъул Цӏекӏоб росулъе кино бачӏун букӏун, гьелъухъ балагьизе гӏемераб халкъ, руччабиги бихьиналги, данделъун рукӏана. Нахъе ккарал, магӏаруллъиялъул бецӏал росабазул бер рагьизабизе киноялъул бугеб цӏикӏкӏараб пайдаялдаса лъицаго инкар гьабиларо. Гьедин бугониги щиб, халкъалда гьоркьор гьанжеги ратулел руго басриял гӏадатазул гудрикьа рорчӏичӏел, батӏаго цӏакъ руччаби, рахсида рарал гьаби гӏадин, рукъалъул бокӏнида чӏезарун, къватӏире рахъун дунялалъул канлъи бихьизе течӏого, жидерго ихтиярал бечед гьаризе къваригӏарал чагӏи. Гьеб киноялъухъ балагьизе унин абун, Гӏабдулагьов Давудица жиндирго чӏужу гӏемер кутакалда кьабун, гьей мискиналъул къаркъалаялда хъахӏиллъичӏеб бакӏ хутӏун букӏинчӏо. Гьединал, руччабазул ихтияразде гьужум гьабулел гӏалхулазда пролетаралъул законалъ руччабазул ихтиярал кин цӏунилелани рихьизаризе ккела».\nМакъалаялъул авторал рихьизарулеб къагӏидаги батӏияб букӏун буго доб мехалда. Масала, инициалал лъун яги тӏокӏцӏарал хъван толел рукӏун руго.\nМацӏазул гӏалимчи хӏисабалда, Ибрагьимил Мухӏамадица кӏвар буссинабуна магӏарул газет-журналалги радио-телевидениеги болмацӏалъул кьучӏалда гӏуцӏун букӏиналдеги. Цогидал миллатазулъ гьечӏо гьединаб хаслъи. Гьелда бан Къуръангицин гӏурус мацӏалде буссинабурав машгьурав гӏалимчи Нури Гӏусмановас абурал рагӏабиги рехсана Мухӏамадица:\n«Гьес абуна нуж, магӏарулал, ругила нужерго мацӏалъул къимат гьабизе лъаларел чагӏи. Гьединаб мацӏ (болмацӏ) Дагъистаналда лъилниги гьечӏила. Даргияв вукӏаниги, аскӏоб бугеб росдал мацӏ бичӏчӏуларила жиндаян абулаан Нури Гӏусмановас. Гьединлъидал Москваялда ругел гӏалимзабаз даргиязул мацӏ 17 батӏияб мацӏлъун чӏезабуна. Гьеб рахъалъ нилъер болмацӏалъул кӏудияб пайда буго киназего – Гӏандир, Гӏахьвахъ, Цӏумада ругел, гьединго хъвай—хъвагӏай гьечӏел цогидал гӏадамазеги.\nАбухъего, жал магӏарулал гурин абулел харбазеги ахир лъезе ккун буго. Нилъ цо руго. Тарихги цо, кьучӏги цо буго».\nХадуб рагӏи кьуна тӏехьалъул автор Пайзула Пайзулаевасе. Газеталъул тарих мухӏкан гьабулаго гьес бицана: «1917 соналъул 3 апрелалда Махӏач Дахӏадаевасул нухмалъиялда гъоркь «Заман» газеталъул тӏоцебесеб номер къватӏибе бачӏана. Гьесул кумекчӏужулъун йикӏана лъади Написат. Гьей кколаан Шамил имамасул вас Мухӏамадшапигӏил яс.\nМахӏач чӏван хадуб «Заман» газета гӏемераб заманалъ бачӏинчӏо.\nГьелъул тӏоцебесеб номер къватӏибе бачӏун хадуб чанго къо индал, биччана «Аваристан» абураб газета. Амма гӏезегӏан мехалъ гьелъул цӏар рехсолеб рагӏун букӏинчӏо магӏарул газеталъул тарихалда.\nНижеца гьеб рикӏкӏана кӏиабилеб газеталъун. Щайгурелъул Махӏачил рахъ ккурал гурелги, рукӏана гӏадамал либералияб рахъалда ругелги. Щайин абуни, гьелги магӏарулал кколаан, гьезги биччана магӏарул мацӏалда газета. Гӏажамалъ хъвараб гьелъул кӏиго—лъабго номер хӏал—балалъ щвана кодобе. Цо—цо чагӏазул рокъор гурони, архивалдаги гьел цӏунун ратичӏо».\nПайзула Пайзулаевасул рагӏабазда рекъон, гьеб нусго соналда жанив магӏарул газеталъул бетӏерав редакторлъун вукӏана 15 чи. Гьединго хисун буго 12 батӏияб цӏарги.\nБищун кӏудияб тираж букӏана «Багӏараб байрахъ» бугеб мехалда – 40 азарго экземпляр.\nХадурккун республикаялда ва гьеб бахун къватӏирехунги машгьурлъарал цо-цо миллатцоял байбихьуда магӏарул газеталда хӏалтӏулел рукӏиналъулги бицана авторас. Масала, Расул Хӏамзатов вукӏун вуго росдал магӏишаталъул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьединго Расулил вац Хӏажи Хӏамзатовги, Халил Патагӏалиевги, Фазу Гӏалиеваги, Патӏимат Хизроеваги гьенир хӏалтӏун руго корректораллъун, таржамачагӏилъун.\nЖинца архиваздаса цо-цо хӏужаби тӏехьалде росичӏогоги танин бицана Пайзула Пайзулаевас, дагьал тӏадагьал, релъизе бачӏунел гӏадал рукӏун. Амма заман додинаб букӏун, доб мехалда гьел гӏадатго къабул гьарулел рукӏун руго.\nУлка тун къватӏиве инегӏан машгьурав художник Мусаясул Халилбег вукӏун вуго редакциялда художниклъун.\n1951-1958 соназда Дагъистаналъул киналго миллиял газетал рачӏунаан «Дагестанская правда» газеталъул дубляж гӏадин.\nГьеб мехалда газеталъул бетӏерав редактор Мухӏамад Шамхаловас республикаялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Данияловасде хитӏабги гьабун, гьел газетал жалго жидедаго чӏараллъун гьарун руго.\nДанияловас данде ракӏаридал, цогидал редактораз хӏукму гьабун буго жидерго газетал анкьида жаниб лъабго нухалда рахъизе, Шамхаловас абун буго жидеца щуго нухалда бахъилилан. Амма гьеб мехалда редакциялда рукӏун гьечӏо гьелъие гӏурал хӏалтӏухъаби. Рукӏинчӏониги, хадубккун гьес кутакалда махщалида гӏуцӏун буго гьеб хӏалтӏи.\nГьединлъидал газеталъул тарихалда жаниб Мухӏамад Шамхаловас тараб лъалкӏалъе къимат кьолаго, Пайзула Пайзулаевас абуна тӏубараб гӏелмияб институталъ гьабулебгӏанасеб хӏалтӏи гьабунила гьес мацӏ роцӏинабиялъулги кадрал хӏадуриялъулги рахъалъ.\nДанделъиялда гӏемер ракӏалде щвезавуна Мухӏамад Шамхалов. Букӏине кколедухъ пикруялъе эркенлъи гьечӏеб заманалда газеталъе нухмалъи гьабурав гьев ахиралда «Ватӏаналъул унти» абун къисматалъ улка тун къватӏире рачарал дагъистаниязул хӏакъалъулъ асар хъван хадув обкомпартиялъ гьесие бадибчӏвай гьабуна.\nПайзулаевас баян гьабухъе, Турциялде унел СССРалъул журналистазул группаялъул нухмалъулевлъун вукӏун вуго Шамхалов. Дова магӏарулалгун дандчӏван хадуб хъвараб пашманаб асар ккола «Ватӏаналъул унти».\nГьелъухъ выговор щун хадуб цоги нухалдаги щола гьесие бадибчӏвай. Газеталда бахъун букӏуна Унсоколо районалъул «Ахихъан» газеталъул бетӏерав редактор Мухӏамад Гунашевас хъвараб «Дир байрахъулал» абураб кечӏ. Махӏачги Шамилги жидер районалда рахъанин абураб хӏасил букӏана гьелъул.\nГьебги хӏалае ккун, тӏадежоялъе гьеб мехалда нухмалъиялдаса нахъе арав Гӏабдурахӏман Данияловасул чилъунги рикӏкӏунев вукӏун, партиялъул обкомалъ Мухӏамад Шамхалов хӏалтӏудаса нахъе вахъула гӏумруялъул сонал 62-йилъе рахиндал.\nШамхаловас куцарал журналистазул цояв вукӏана гьеб тадбиралда – гӏезегӏан соназ газеталда хӏалтӏарав Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов.\nГьанже газета хӏадуризе кӏудияб кумек интернеталъул бугин, амма жидер заманалда журналистал гьитӏинабго макъала хъвазелъун мугӏрул тӏогьиб бугеб колотӏегицин щвезе кколаанин бицана гьес. Гьедин Лъаратӏа районалъул Цӏумилухъ росулъе унаго, хъархъидаги бан горде бихъиялъул мисалги бачана гьес. Росдал жамагӏаталъулгун дандчӏваялде кин иневали лъаларого хутӏарав Мухӏамадица гьеб букъун бугоан зазица картӏалги рахъун, кунал бакӏалда херги хӏалтӏизабун.\nПайзулаца хъвараб гьеб тӏехь цӏалидал, цевегоялдаса вихьичӏев божарав гьудул вихьарав гӏадаб асар лъугьанин, гьеб къватӏибе бачӏин жиндир рекӏел гӏидлъунги кканин абуна Шамил Мухӏидиновас. Гьенир рихьизарурал гӏадамазул гӏемерисезулгун жиндир лъикӏаб лъай-хъвай букӏанинги тӏаде жубана гьес.\n«Гӏумруялда жаниб тӏокӏаб жоги гьабичӏого, гӏицӏго гьаб тӏехьги биччан чӏараванигицин гӏолаан Пайзулае. Чанго батӏияб архивалде ваккун, гьабгощинаб хӏужа данде гьабурав гьесие майилан докторлъи кьезе бегьула», — ян абуна Шамил Мухӏидиновас.\nХадубго гьес ракӏалде щвезабуна газеталда хӏалтӏулаго араб сонги, жинцаго гьениб ургъараб «Бурутӏ» гьумерги.\nРоссиялда цӏалулев вукӏун жиндие рес ккечӏин школалда магӏарул мацӏ лъазабизеян бицана гьениб Сагӏудиязул Гӏарабиязул Жидда шагьаралда Генералияв консуллъун вукӏарав Багьавудин Гӏалиевас. Жинда гьеб лъанила иргаялъ гӏиязде унелъул, чед-хӏанги гъорлъ жемун эбелалъ кьураб «Багӏараб байрахъ» цӏалулаго. Заман иналъе гьеб цӏалулев вукӏунаанила жив.\nДагъистаналда ракь багъарун хадув цогидал лъималгун Ивановоялде витӏарав гьесда цадахъ Гъизилюрталдаса васал рукӏун, гьездасан лъан буго Багьавудинида хадубккун гьеб мацӏ.\n«Хӏакъикъат» газеталъулгун жиндир щулияб бухьен букӏунин абуна гьес. Жиндир лъикӏаб гьудуллъи бугила цевесев редактор Гӏали Камаловасулгун, гьанжесев нухмалъулев Гӏумахан Гӏумахановасулгун ва гьесул заместитель Пайзула Пайзулаевасулгун. Газеталъул сайталдасан Жиддаялда вугеб мехалдаги цӏалулаанила жинца гьеб.\nНусго сон бараб магӏарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ баянал квер щолеб бакӏалда рукӏинчӏин къваригӏарав чиясе гьанжелъагӏанилан абуна гьениб Мухӏамад Мухӏамадовас.\n«Гьаб тӏехьги рагьун, гьел баянал гьанже бокьараб мехалъ щвезе рес буго. Дида ккун букӏана дидаго лъалареб жо букӏинадай гьеб тӏехьалдаян. Батана. Мисалалъе, байбихьуда гӏажам мацӏалъ биччалеб букӏараб газеталъул хатӏ, нилъер мацӏалдеги буссинабун кьун буго, гьелъ кӏудияб асар гьабуна. Гьединго газеталъул юбилеялъул соналда хурхунги гӏатӏидаб баян кьун буго Пайзулаца: цин гьелъул юбилей 1920 соналъ букӏанин, хадубги 1917 соналде бахъанилан абурал бакӏал мухӏкан гьарун руго. Гӏадатияв чиясе гуребги, гӏелмияв хӏалтӏи хъвалев чиясеги хӏажатал баянал руго гьенир.\nБитӏараб бицани, гьадинал тӏахьал нилъер гьанир ахираб заманаялъ гӏемерал рахъичӏо. Къватӏире риччалел тӏахьал кьабун кучӏдузул цӏурал рукӏуна. Гьаб тӏехьалъ хасаб бакӏ кквезе буго нилъер гӏагараб мацӏ цӏунизеги, лъаларезда гьеб малъизеги. Нилъеца гьединго цӏакъ гӏемер бицунеб буго миллияб мацӏалда бахъулеб цого цо бугеб газеталъул тираж цӏакъ гӏодобе кколеб бугиланги. Амма дагьабги квеш букӏинаан иш гӏаксалда букӏарабани —газеталъул тираж цӏикӏкӏун, халкъ дагьлъун букӏарабани. Узухъда, газетал цӏалулел чагӏи дагьлъулел рукӏин рекӏекълъизе ккараб иш буго. Хьул буго гьезул къадар гӏемерлъилилан. Хасго баркала кьезе бокьун буго газета халкъалъухъе щвезе, гьеб цӏунизе кӏудияб квербакъулел, гьелъие спонсорлъи гьабулел гӏадамазеги».\nЦо заманалда «Хӏакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъун вукӏарав Дибиргӏали Хазамовасги ракӏалде щвезабуна редакциялда хӏалтӏараб заман. Хадубго тӏаде жубана газеталда тарихалъул гӏемер бицани лъикӏ букӏинилан. Масала, республикаялдаго тӏоцевесев археологлъун вукӏарав гӏолохъанго нилъедаса ватӏалъарав Дибир Атаевас 1962 соналъго биччараб «Авары средневековья» абураб тӏехьалдаса материал бахъизе бегьилаанин абуна гьес.\nДибиргӏали Хазамовас гьединго ракӏалде щвезабуна 1960 соназда газеталда бахъараб Тӏелекьа Хъазамил Гӏамиргӏалица хъвараб тарихияб кечӏги. 1877 соналъ гӏурус аскариязда гъорлъ Турциялда данде вагъулеб мехалъ ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хъван букӏун буго гьес гьениб. Турказул аскаралда, магӏарулазда гъорлъ вукӏун вуго доб мехалъ Шамилил вас Гъазимухӏамадги. Рагъулаго жидецаго цоцаде ахӏулел рукӏарал рагӏабиги руго гьес кочӏолъ рехсон.\n«Хадув лъукъизеги лъукъун, росулъе щварав чиясда, росуги бухӏун батун, чанго чи Сибиралде витӏун ватидал, гьениса живго нахъе араб куцалъул, хадув сахлъун хадув кӏиабизеги росулъе вуссиндал, росдал кӏалалде щведал жиндиего гьабураб асаралъул бицунеб халатаб, амма асар гьабулеб кечӏ буго. Гьединаб къанагӏатаб жанралъул кечӏ дида тӏокӏаб кибниги дандчӏвачӏо. Гьединаб тайпаялъул материалал гӏемерал руго «Хӏакъикъаталъул» церегосел гьурмазда. Лъикӏаб букӏинаан, гьел киналго дандеги росун, Пайзулагьица цоги тӏехь биччани», — ян абуна Дибиргӏали Хазамовас.\n1990-абилел соназда ИЯЛИялъул хӏалтӏухъабиги гӏахьаллъун гьесдаги цогидал журналистаздаги ракӏалда букӏун буго магӏарул грамматикаялъул тӏехь хӏадур гьабурав П. Усларил кваранаб кверлъун вукӏарав Чӏикӏаса Айдемирил цӏаралда фонд рагьизе. Амма мацӏазда хурхун хӏадурараб законалъул проект къабул гьабизе букӏараб къасдалъул хӏасил ккун гьечӏо доб мехалъ.\nГугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцӏул чемпион Къурамухӏамад Къурамухӏамадовги кӏалъана гьенив:\n«Доб мехалъ бокьараб цӏияб хабар батаниги, спорталъул гӏумруялда ккараб батаниги, кинабго информация кьолеб алат букӏана «Хӏакъикъат». Жакъасел спортсменазда гьелъул къиматги хӏажалъиги бичӏчӏуларо. Амма дицаго рокъоб цӏакъ тӏадчӏей гьабулеб буго лъималазда рахьдал мацӏ лъазе, гьез гьеб бицине букӏине. Бахчиларо, дирго хъизаналдасацин тӏалаб гьабулеб буго гьебго, гьелда мацӏ малъизеян лъугьун бетӏер хъахӏлъулеб буго дир (залалда релъи —авт.).\nЖакъа шагьаралда гӏемераб гӏел буго росу—ракьалъул тарих, умумузул мацӏ лъалареб, гьебни щиб, жидерго эбел—инсул росулъе щвечӏел, кӏодоинсул хоб бугел бакӏ лъаларел лъимал руго гӏемерал. Амма дица дирго лъимал гьедин течӏо. Цӏияб соналъул каникулазул заманалда гьелги рачун росулъе ана 10 къоялъ, гӏемераб жо бихьизабуна гьезда -нилъерго берцинаб тӏабигӏат, умумузул ахал, хурзал, гьез гӏетӏги тӏун гӏезабураб магӏишат, рарал минаби.\nГьедин гьабичӏони, кигӏан нилъ гаргалел ругониги, хӏасил кколаро, цереги рилълъун бихьизабизе ккола щивас. Жакъа гьаниб тӏобитӏараб тадбир цӏакъ берцинго ана, баркала нужее. Гьединал мажлисал гӏемер гьаризе къваригӏун буго. Лъале—хъвалезда бицун дицагоги рагӏизабила жакъа гьаниб букӏаралъул хӏакъалъулъ. Инсуца абулаан цебе магӏарул годекӏабахъ дандралаанин кӏвар бугел киналго суалал. Гьенир чӏахӏиязул гӏакълуялъухъ гӏенеккулаанин. Гьелъ цӏунун хутӏун букӏанин доб мехалъ цоцада гьоркьоб вацлъиги, гьуинлъиги, рекъелги. Жакъаги гьебго мисалалде руссине къваригӏун буго нилъее».\nЛъабго сагӏаталъ халатбахъараб гьеб данделъиялда тӏехьалъул бицун ва миллаталъе гьабураб сайгъаталъухъ Пайзула Пайзулаевасе баркала кьун кӏалъана Сайгидпаша Гӏумахановги, Мухӏамад Бисавгӏалиевги, Мухӏамадхан Мухӏамадхановги, Цӏумада районалъул цӏияв нухмалъулев Шамил Гӏумаровги, Болъихъ районалъул нухмалъиялда вукӏарав Мухӏамад Патхӏулаевги. Миллиял мацӏал цӏуниялъе «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ гьабулеб бугеб хӏалтӏухъ баркала кьун кӏалъана Гӏалиасхӏаб Хархачаев, Ахӏмад Гӏазизов, Мухӏамад Манапов, Тубхӏат Зургьалова, Сабигат Мухӏамадов, Мухӏамад Насрулаев, Бежтӏаса Мухӏамад Къебедов, Хадижат Шихгӏалиева ва жеги гӏезегӏан миллатцоялги.\nP.S. Презентациялъул ахиралда шапакъатал кьуна Мухӏамад Шамхаловасул цӏаралда дагьалъ цебе «Хӏакъикъат» газеталъ тӏобитӏараб конкурсалда бергьарал Тубхӏат Зургьаловалъе (1 бакӏ), Гӏиса Шарапудиновасе (2 бакӏ) ва Тӏалхӏат Ахъбердиевасе (3 бакӏ).\nГьединго газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас баркалаялъул кагътал кьуна редакциялъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугел миллатцоязеги.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11617-ruchchabi-tsiunuleb-tsiar-bertsinab-ruk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11617-ruchchabi-tsiunuleb-tsiar-bertsinab-ruk", "title": "Руччаби цӏунулеб цӏар берцинаб рукъ", "date": "2021-04-01 11:58:23", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналда гӏуцӏун буго Гӏиса аварагасул эбелалъул цӏар кьураб «Марьям» абураб рухӏияб центр. Гьелъул проекталъул презентация букӏана араб анкьалда Махӏачхъалаялда Гӏурус театралда. Гьеб тадбиралде рачӏун рукӏана жамгӏиял хӏаракатчагӏи, хӏукуматалъул хъулухъчагӏи, депутатал, цӏар рагӏарал спортсменал, тохтурзаби, хъвадарухъаби, тӏадегӏанал цӏалул идарабазул нухмалъулел.\nКъокъго абуни, презентациялъул программаялъ жанибе бачана нилъер улкаялъул кӏодолъи, Дагъистаналъул хаслъи, исламалъул кӏвар. Гьеб киналъулъго аслияблъун букӏана жакъасей чӏужугӏаданалъул гӏумру, гьелда дандчӏвалел захӏмалъаби, гьездаса цӏуниялъе нухал рати.\nЛъарагӏазул театралъул актераз рихьизаруна жакъасеб гӏумруялъул хӏакъикъат — талихӏкъосараб къисматалъул руччабазул, балагьаб ахӏвал-хӏалалде ккарал хъизамазул мисалал рагьулел, гӏурус мацӏалда лъурал сценкаби. Гьединго гьалбал рази гьаруна лазералдалъун хӏадурараб, исламалъул темаялъул гвангъараб шоуялъ, нилъерго ва къватӏисел улкабаздаса рачӏарал артистаз ахӏулел ватӏан бокьиялъул кучӏдуз, нашидаз, «Лезгинка» кьурдул ансамблялъул церерахъиназ.\nДагъистаналъул муфтияталъул руччабазул отделалъ гӏуцӏараб гьеб тадбир лъугьана рухӏалъе хӏалхьи кьолеб байрамлъун,\nГьенибго бихьизабуна «Марьям» социалияб централъ гьабулебщиналъул бицунеб видеороликги.\n— Руччабазда абула рукъалъул тӏохилан. Гьеб тӏох кколеб къадаллъунин абуни бихьиналги руго.\nЩулияб кьучӏги лъун, бахӏарчиял васал гӏезаризе ккани, чӏужугӏадан йикӏине ккола квешабщиналдаса цӏунарайлъун, — ин абуна кӏалъазе яхъарай муфтиясул хъизан Патӏимат Хӏамзатовалъ. – Гьаб социалияб рухӏияб центр гӏуцӏиялъул мурад буго талихӏкъосарал руччабазе, захӏмалъиялде ккарал хъизамазе квербакъи гьаби. Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб кӏудияб централъул бутӏаги буго гьаб. «Марьям» центр — гьеб гуро дица бетӏерлъи гьабизе яги дир наслуялъе пайдаялъе гӏуцӏулеб бакӏ. Гьеб буго щияй чӏужугӏаданалъул гӏумру берцинлъиялъе квербакъулеб, гьелъие хӏажатаб лъайги гӏакълуги кьолеб рукъ. Проекталъ кьочӏое босун буго рухӏияб язихълъиялдаса, балагьаб ахӏвал- хӏалалдаса чӏужугӏадан цӏунизе, гьелъие батӏи-батӏияб рахъалъул квербакъи гьабизе.\nРес бугел, лъикӏаб даражаялда ругел гӏадамалги ахӏун, гьеб презентация тӏобитӏиялъул магӏналъунги бихьана, бечедасда ресукъал, залимасда загӏипал, битӏккарасда талихӏкъарал ракӏалде щвезарун, гьезие кумекалъул квер битӏизе рекӏеда ратизари. Гьеб «кумекалъул кверлъун букӏине буго киналго цадахъ лъугьун руччабазе гӏуцӏулеб «Марьям» рухӏияб центр баялъулъ щивас гьитӏинаб бугониги бутӏа лъей.\nЗахӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккаразе кумек гьабулеб централъ гӏемерал руччаби хӏалтӏудалъунги хьезаризе руго. Гьелъие байбихьиги лъун буго, централъул мина балеб бакӏги бихьизабун буго. Гьебги буго тахшагьар бакьулъ, кӏудияб мажгиталдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, цебе муфтияталъул мина букӏараб бакӏалда. Берцинаб гӏумруялда ругел гӏемерисел руччабазда ракӏалдецин кколаро цойги жийго гӏадин чӏужугӏадан кӏудияб къварилъиялда ятилин. Щияй чӏужугӏаданалъе рес буго гьеб центр гӏуцӏиялъулъ жиндирго бутӏа лъезе, гьелдалъун Аллагьасул рахъалдасан кириги, гӏадамазул рахъалдасан баркалаги щвезе.\nБукӏинеселде ургъун\nПикру гьабураб мехалъ, «Марьям» центр лъугьине рес буго, республикаялъе гуребги, тӏолабго улкаялъего пайдаяблъун. Гьениб хӏажатаб кумек щвезе рес буго бокьараб миллаталъул руччабазе. Букӏинеселде ургъун гӏуцӏулеб, нилъер наслаби рухӏияб рахъалъ къуваталлъун гьариялъе хӏадурулеб бакӏ буго гьеб.\nИсламалъул тӏалабалда рекъараб, гьанжесеб цебетӏеялда гӏуцӏараб руччабазул централъул проекталъ жанибе бачун буго: психологасул, юристасул кумек; хъизан-рукъ гӏуцӏиялъул, нухда бачиналъул малъа-хъвай; Къуръан цӏализе, как базе, исламалъул лъай гъварид гьабизе бокьаразе ресал; данделъаби тӏоритӏулеб зал, жанибго гостиница, кваназе санагӏалъи; рос гьечӏого лъимал гӏезарулей эбелалъе лъимадул тӏалаб гьабизе бакӏ; Дагъистаналъул чӏужугӏаданалъул рукӏа- рахъин, ретӏа-къай бихьизабулеб музей.\nИсламалда рекъон чӏужугӏаданалъ жамгӏияталда жаниб ккола хӏурматияб бакӏ, иман бугес кӏодо гьарула руччаби, хӏалихьатас, лъавукъас хӏакъирги гьарула. Хӏакъирлъиялда гӏумру уней чӏужугӏаданалъ щиб лъайги тарбияги кьелеб лъимадуе, кинаб пайда гьел лъималаздаса жамгӏияталъе букӏинеб?\nКидаго гуро руччаби жидерго захӏмалъиялъул бицун хӏукуматалъул идарабазде гӏарзалъ унел. Гӏемерал руго ригьнаде ун хадур талихӏкъарал руччаби. Росасул зулму хӏехьезе кӏвечӏого чӏвай- хъвеялде ккеялъул хӏужабиги дагьал гьечӏо. Росасул зулму кигӏан хӏалуцараб бугониги, гӏемерисел руччабаз бахчула. Гьелъ лъукъула лъималазулги чӏахӏиязулги гӏумру.\nЖиндир заманалда кумек гьарун рачӏаразе битӏараб нух бихьизабулеб бакӏ — гьеб буго балагьалдаса цӏунизе сабаб. Гьеб сабаблъун букӏине ниятгун гӏуцӏулебги буго руччабазул рухӏияб центр «Марьям».\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА\nP.S. Руччабазул рухӏияб центр баялъулъ бутӏа лъезе бокьаразе баяналъе:\nБанкалъул карта бухьинабун буго гьаб номералда: 8 938 789 77 71.\nКартаялъул номер: 2202 2011 6148 7778\nИсмагӏилова Загьра Мухтаровна.\nМухӏканал баянал щвезе рес буго телефоналъул гьаб номералде ахӏани:\n8 (988) 775-77-77."}
{"slug": "11618-l-avuk-av-uchitel-vukiine-begularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11618-l-avuk-av-uchitel-vukiine-begularo", "title": "Лъавукъав учитель вукӏине бегьуларо", "date": "2021-04-01 12:00:10", "categories": ["obrazovanie"], "text": "«Букӏинеселъул учитель» абураб федералияб проекталда рекъон, Дагъистаналда рагьун буго Педагогиял хӏалтӏухъабазул профессионалияб махщел камил гьабиялъул центр (ЦНППМПР). Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Чӏарада районалъул Цӏуриб росулъа экономикиял гӏелмабазул доктор, ДГТУялъулги ДУНХалъулги кафедрабазул профессор Гӏабидов Мухӏамадица. Гьесулгун ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.\n— Мухӏамад, щиб кьочӏое босулеб курсазде учитель ахӏулеб мехалда?\n— Нижеца гӏуцӏулел интенсивиял курсазде 2021 соналда вачӏине ккола щибаб муниципалитеталдаса щибаб дарсил вакилзабазул 10 процент. Муниципалитеталъ тӏаса рищула нижехъе ритӏулел учительзаби. Районазулгун ша- гьаразул лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулезулгун букӏараб дандчӏваялда нижеца бичӏчӏизабун букӏана курсазде щал ритӏизе кколебали.\n-Проекталда цӏар буго «Букӏинеселъул учитель» абураб. Гьелъул магӏна мухӏкан гьабуни бокьилаан…\n— Проекталда рекъон цӏализаризе руго школалъе букӏинеселдаги хӏажалъизе ругел ва жидерго махщел камил гьабизе гъира бугел учительзаби. Цӏиял технологиялги, методикабиги, лъай кьеялъул алаталги лъазаризе гъира загьир гьабулел педагогазул махщел цӏубазаби – гьеб ккола централъул масъала. Масала, нижехъе ячӏарай цо учительницаялъ абуна, жинца 62 сонги банила, кӏиго лъагӏалидасан пенсиялдеги инила, гьанже яхъун, жиндие гьаб цӏалиго щайилан абун. Гьединал учительзабазе дица мисаллъун рехсола педагог Константин Ушинскиясул рагӏаби: «Учитель учительлъун вукӏуна живго цӏалдолевгӏан заманалъ. Цӏали гьоркьоб къотӏизе тарабго, гьесулъ учитель хола», — ян.\n-Кин гӏуцӏун бугеб цӏалул программа?\n— Учительзабазда хъвазабула диагностикияб хӏалтӏи. Компьютералдасан тестазе жавабал кьола гьез. Сундулъ риччалел ругел гъалатӏал яги кинаб рахъалъ нахъе ккун вугев учитель – гьел суалазе жаваб бати буго тести- рованиялъул мурад. Тохтурасги цин унтуе гӏилла чӏезабула, хадуб гьабула дару. Гьединабго къагӏида буго гьанибги.\nТестал руго батӏи-батӏиял темабаздаса гӏуцӏарал. Гьел тӏуразарун хадуб хӏадурула щивав учителасе хасаб программа. Лъай камилав, махщел тӏокӏав педагогасеги загӏипаб лъайгун мукъсанаб хӏалбихьи бугесеги цогояб программа букӏине гьечӏо. Тестазул хӏасилал ритӏизе руго щивасул электронияб почалде. Батӏияв чиясда гьел лъазеги гьечӏо. Кӏиго къоялъ рукӏине руго дарсал ДИРОялда бугеб централда. Гьелдаса хадуб – рикӏкӏадасан цӏали. Хасаб платформаялда рагьизе руго щивасул кабинетал ва гьенире ритӏизе руго тӏадкъаялги, лекциялги, семинаразул материалалги. Сентябралда тӏоритӏизе руго семинарал, мастер-классал, тренингал.\nОктябрь-ноябралда букӏине буго хӏасилияб диагностика. Гьеб мехалдаги лъай хашаб бугеблъи загьирлъани, гьединав учителасе удостоверение кьезе гьечӏо ва гьев цӏидасан цӏализавизе вуго къокъал курсазда.\n-Лъагӏалицаги цӏализавун, тесталъул суалазе жавабал кьун бажаричӏев учителасда щиб гьабизе бугеб?\n— Росабалъ, хасго дагьал комплектазул школазда, цо учителасда тӏадаблъун гьабула чанго батӏияб дарс кьезе – махщелчагӏи гьечӏолъиялъ. Учитель гьечӏого цӏалдохъаби тезе бегьуларелъул, гьединаб нух батулеб буго лъай кьеялъул управлениялъги школалъул администрациялъги. Дица гьеб битӏараблъун рикӏкӏунаро: лъавукъав учитель дарс кьезе тезегӏан, гьеб кьечӏого лъикӏ буго. Гьелде тӏадеги, махщелчи хӏажат вугониги, школа рикӏкӏуна хӏажатал учительзабаздалъун хьезабураблъун.\nХӏасилияб хӏалтӏиялъухъ бищун гӏодобегӏанасеб балл щварал учительзаби цӏидасан цӏализаризе руго – гьел хӏалтӏудаса махӏрум гьари гуро мурад.\n-Гъоркьиса улкаялда тӏоритӏана ВПРал. Абулеб букӏана, гьезул хӏасил къватӏибе бахъизе гьечӏин абун. Амма дагьалъ цебе баянлъана гьелъул хӏасил ва гьениб Дагъистан буго рачӏчӏалтӏа (нилъедаса хадуб буго гӏицӏго Ингушетия). Гьединабго жо ккелародай гьал курсазулги?\n-Живго учителасда гурони, тесталъул хӏасил лъазе гьечӏо. Нижеца ахӏи бахъинабизе буго гӏицӏго муниципалитеталъ квотаялде рекъон кколеб къадаралда учительзаби ритӏичӏого тани. Масала, гӏурус мацӏалъул учительзабазул – 10%, математикаялъул – 10% ва гь.ц. Кинабниги 16 дарсил учительзаби рачӏине ккола нижехъе.\n-Гьезда гьоркьоре унищ рахьдал мацӏалъулгун адабияталъул учительзаби?\n— Унаро. Исана буго хӏалбихьиялъул сон – кинабго битӏа-бишун ккани, интенсивиял курсал гӏуцӏизе руго рахьдал мацӏалъул учительзабазеги.\n— Курсазде хьвадарав ва удостоверение кодоб бугев учителасул харжалде тӏаде гӏарац жубазе бугищ?\nКурсал лъугӏарав учителасе рес щвела квалификациялъулаб категория гьабизе. Масала, кӏиабилелъул бакӏалда – тӏоцебесеб ва тӏоцебеселъул бакӏалда – тӏадегӏанаб. Гьелъухъ гьесул харжалде тӏаде гӏарацги бачӏина.\nКӏиабизе, учителасе рес щвела курсазда вукӏиналъул хӏакъалъулъ документ портфолиоялда гьоркьоб лъезеги.\n— Лъица дарсал кьезе ругел интенсивиял курсазде рачӏарал учительзабазе?\n— Федералияб министерствоялъ рагьун буго академия. Гьенире ритӏизе руго курсазда хӏалтӏизе ругел махщелчагӏи.\nДарсал кьезе нижеца тӏадкъана «Бищун лъикӏав лъагӏалил учитель» абураб къецалда чӏел босарал педагогазда, ЕГЭялъул предметиял комиссиязул предсе- дательзабазда, гьунар бугеб учи- тельзабазда.\n— Кин чӏезабулеб, масала, щуго филологасда гьоркьоса кӏигояв курсазде вачӏине кколеблъи?\n— Гьеб суал тӏубазе ккола муниципалитеталъ – школалъул директорас, администрациялъ. Нижеца абуна, тӏоцебесеб иргаялда, витӏизе кколин махщел камил гьабизе бокьилаанин абун жинцаго абулев учитель. Амма районалъул хӏакъалъулъ лъикӏаб пикру бижизабиялъул мурадалда, гьабсагӏаталда нижехъе ритӏун рачӏунел руго лъикӏаздаса лъикӏал учительзаби.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "11619-khialtiules-khianchiula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11619-khialtiules-khianchiula", "title": "Хӏалтӏулес хӏанчӏула", "date": "2021-04-01 12:07:58", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Вехьасул хӏалтӏудаса захӏматабги гӏакъуба бихьулебги хӏалтӏи гӏемер батиларин ккола. Гьава-бакъалъул шартӏазухъ, сордо-къоялъухъ балагьичӏого, хӏалтӏулел гӏухьби кидаго рукӏана ва жакъаги руго реццалъе мустахӏикъал гӏадамал. Гьединазул цояв ккола 41 соналъ гӏияда хадув вугев Макъсудов Мухӏамадрасулги. Гъуниб районалъул Чӏохъ росдал Хъумторхъала районалда бугеб СПКялъул гӏиял бригадаялде ниж щведал, Кудалиса Мухӏмадрасулги Цӏияб Чӏикӏаса Изаев Гӏабдурахӏманги нижеда ратана гӏиял рехъенгун авлахъалда ва гьенибго ккана гьезулгун гара-чӏвариги.\n— Мухӏамадрасул, кинха бугеб вехьасул хӏалтӏул иш?\n— Гьаб расги бигьаяб хӏалтӏи гуреблъи киназдаго лъала. Амма цӏакъго квешаб бугинги абиларо. Чӏараб бакӏалда, хъутабазда цӏикӏкӏараб захӏмат баччизе кколаро, амма нухдаги, ниж щолел Лъаратӏа районалъул мугӏруздаги гӏезегӏан захӏмалъаби дандчӏвала.\n— Дурго хӏалтӏул къоялъул бицани…\n— Гӏи къинлъулеб заманалда хӏалтӏи байбихьула радал 6-ялда ва халат бахъуна къаси 1-2 тӏубазегӏан. Гьедин хӏисаб гьабуни, хӏалтӏул къо бащалъула 20-21 сагӏтида.\nАмма гьединаб низам кидаго гуро букӏунебги. Цо моцӏалъ кӏвараб яхӏ бахъизе ккола, хутӏараб заманалда хӏалтӏи уна сезоналда рекъон. Нижее бихьизабураб гӏодобкъо гьечӏониги, хӏажалъи ккедал цояз цоял хисула, отпускалъги уна 10-15 къоялъ.\n— Дуего бокьун тӏаде босараб хӏалтӏийищ гьаб яги…\n— Дица лъугӏизабуна техникум, дун ккола зоотехник. Гӏияда вукӏарав эменги херлъун, гьесул бакӏалда цо нухалъ ун, кӏиго нухалъ ун, бригадирлъун вукӏарав вакьадасе кумек гьабулевин абун хутӏана вехьлъуда.\nАмма цебе вехьасе щолаан лъикӏаб мухь, нижерго гӏи бихьизабураб нормаялда рекъон гурони хьихьизе толароан. Гьаб заманалда щолеб мухь дагьаб бугониги, вехьасул ихтияр буго СПКялъул гӏияда цадахъ 300-гӏанасеб бетӏер жидергоги хьихьизе.\n— Жакъа дур тӏалабалда чан гӏиялъажо бугеб?\n— Гъоркьиса соналъул июлалдаса нахъе дидаги Гӏабдурахӏманидаги хадуб букӏана 1400 чахъу.\nКъинлъарал цогидазухъеги ун, гьабсагӏаталда буго 600- 650-гӏанасеб бетӏер.\n— Щолеб мухьалъул бицани…\n— Бетӏер рикӏкӏун — 25 гъурущ. Гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, учузаб багьаялде 3 куйги кьола (хадуб гьеб гӏарац тӏаса ккола дир мухьалдаса). Щибаб моцӏалъ чӏобого кьола 9 кило гьаналги 24 кило ролъулги.\n— Дурго чан гӏиялъажо бугеб?\n— Гьабсагӏаталда буго 15-20 бетӏер, гьелги СПКялъ хьихьула чӏорого. Дир буго 4 хӏайванги, гьезиеги харил рахъалъ кумек гьабула магӏишаталъ.\n— Гьаб буго гӏи къинлъулеб заман. Бахъараб кьегӏералъухъ мухь кьолищ? Дурго гӏиял къунцӏараб квасул къисмат кинаб букӏунеб?\n— Кьегӏер лъикӏ бахъани, цӏикӏкӏуна кьолеб гӏарцул къадарги. Квасул къимат гьечӏелъул, цӏазеги цӏан къунцӏараб квас нижеца кьола СПКялде. Бичизе кӏвараб багьа гьелъ нижееги кьола.\n— Гӏемер кколищ гӏи бикъа-хъамиялъул, хъумуралъ чӏваялъул хӏужаби?\n— Ахираб заманалда цӏогь гьечӏо. Амма гӏемерлъун руго бацӏал. Дагьабниги ниж тохлъани, гӏи пасат гьабизе хӏадурго рукӏуна гьел. Нижер руго цӏакъал гьаби. Бетӏергьанасул ва гьезул кумекалдалъун ахирал соназда цониги ккечӏо хъурмица гӏиялъажал чӏваялъул хӏужаби. Магӏарда гӏемерлъун руго циялги.\n-Гӏемер кватӏичӏого байбихьула гӏи магӏарде гочинабизе. Кинал захӏмалъаби гьеб заманалда нужеда дандчӏвалел?\n— Хӏакъикъаталдаги гӏемераб къо бихьула. Санайил къварид гьабула гӏиялччубури (скотопрогон), дагьлъулеб буго кваназе гӏи биччазе бегьулеб бакӏ. Гӏемерал бакӏазда нухал руго хун, цо-цо бакӏаздаса хӏама-чу бачине кӏвеялдаса ун буго иш. Гьечӏо гьезухъ балагьулев, гьел къачӏалев чи.\n— Тӏаде вачӏунев чиги гьечӏони, дур кьерилазги дагь-дагьккун гьаб хӏалтӏи тани, хадуб щибха ккезе бугеб?\n— Гьабсагӏаталда кумек хӏажатаб хӏал буго. Хӏалтӏулев чиясул къимат гьабуларогоги гьечӏо, кьола гӏарцулал премиялги, цогидал сайгъаталги. Чанго соналъ цебе диеги кьуна «Заслуженный животновод России» абураб цӏар. Амма лъикӏал шартӏал ругел бакӏазде хӏалтӏизе унин абун лъиданиги гӏайибчӏвазе бегьуларо. Кьолеб мухьги цӏикӏкӏинабун, гьаб хӏалтӏи бокьуледухъ лъикӏал шартӏалги чӏезарун гӏадамазул гъира базабизе бажарани, гӏияхъанлъиялда рухӏ речӏчӏилаан.\nГьенибго ниж дандчӏвана 51 сон гӏияхъанлъиялъе кьурав, хӏалбихьи бугев вехь, Гъуниб районалъул Гӏобохъ росулъа «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» Гӏабдулбасир Гӏабдулбасировгунги.\n— Гӏабдулбасир, дуца бан буго 67 сон. 51 соналъ гьабун буго вехьлъи. Жакъа хӏисаб гьабуни, гӏадада араблъун рикӏкӏунищ дуца гьеб заман?\n— Рикӏкӏунаро. Дица тӏаса бищана гьаб, гьалдаса букӏана бетӏербахъи. Бихьана гӏезегӏан захӏмат, лъана гӏатӏилъи-къварилъиялъул къимат. Гьаб хӏалтӏуда бечелъизеги бечелъичӏо дун, мискинлъиялдаги вукӏинчӏо.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "11623-arg-vani-giaratsgi-imangi-tsogo-gakida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11623-arg-vani-giaratsgi-imangi-tsogo-gakida", "title": "Аргъвани: гӏарацги иманги-цого гьакида", "date": "2021-04-02 06:07:32", "categories": ["magiarukh"], "text": "Шамалдаса умумул\nАраб анкьалда магӏарухъе гьабураб нижер иргадулаб сапар Аргъванибе букӏана.\nХасго чанго соналъ цебе гьеб росдал тарихалъул хӏакъалъулъ тарихчӏужу Патӏимат Тахӏнаевалъ хъвараб тӏехь цӏалун хадуб цӏакъго гъира ккун букӏана Гӏанди округалъул диванчи Абакар-дибирасулги, имам Шамилил разведчик Барбарал Ибрагьимилги, репрессиязул кӏичӏикье ккарав магӏарул газеталъул бетӏерав редакторлъун вукӏарав машгьурав гӏалимчи Гӏабдулатӏип Шамхаловасулги, Ахӏулгохӏалде иналде цебе ккараб рагъулъ цо къоялда жанив чӏварав Шамилил аскаралдаса 64 шагьидасулги ватӏан бихьизе.\n«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевгун, журналист Темирхан Хӏасановгун цадахъ рогьалилъго бакълъулазул рахъалде къокъана ниж.\nГьеб сапаралъул мурадги кколаан, эргъвендерил мисалги бачун, чӏунтулел ругел магӏарул росаби гьез гӏадин цӏи гьариялде миллатцоял ахӏи.\nТарихалда хъвавухъе, Аргъвани росдае кьучӏ лъун буго Шамалдаса рачӏарал вацаз. Гьеб букӏун буго Мухӏамад Авараг (с. гӏ.в.) хун 100 соналдасан. Гьел вацалги цин Абхазиялдегун Чачаналде щун, рачӏун руго бакълъулазул рахъалде. Цояв вацасда цӏар букӏун буго Аркун. Гьев чӏараб бакӏалда батараб гӏоралда лъун буго Аргун абун цӏарги. Гьанжесеб Чачан ракь ккола гьеб. Биценалда рекъон, гьениб Арьгӏаной абураб тухумги буго.\nНурмухӏамадил хӏаракат\nГьанже бетӏербахъиялда хадуб магӏарухъа халкъги шагьаразде гочун, цоялда хадур цоял чӏунтулел руго росаби. Гьел чӏунтунгутӏиялъе цо сабаб шагьранухал рахъиялъулъги бугин абизе бегьула. Санагӏатал машинадул нухал ругони, жал магӏарухъе руссинин абулел чагӏиги дагьал гьечӏо. Аргъванире абуни гьел нухал, кагъат гӏадин, ритӏизарун ругоан. Росдал гӏадамаз бицана гьелъие квербакъи росуцояв, Халкъияб Собраниялъул депутат Нурмухӏамад Гӏалиевас гьабунилан.\nГьел нухаз цин Цӏияб Аргъванире рачуна. Гьелъие кьучӏ лъун бугоан 1970 соналда Дагъистаналда ракь багъарун хадуб. Гьанже заманалъул киналго квегӏенлъабиги жанир чӏезарураб, берцинал минабазулги цӏураб, гӏатӏидал шагьранухалги ругеб росу буго гьеб. Цӏакъго бер речӏчӏулеб бакӏалда бихьула 250 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб лъабтӏалаяб цӏияб школаги. Гьебги Нурмухӏамад Гӏалиевасул хӏаракаталдалъун банин бицана росдал гӏадамаз.\nГьединго ран руго мажгиталги, участкаялъул больницаги, спортзалги. Цӏализе лъугьунел чагӏигицин цо заманалда Нурмухӏамадихъе рекерулел рукӏун руго кумек гьарун. Росдае гьес гьарунщинал ишазул бицунаго жидецани Нурмухӏамадие памятник лъезе кколиланги абуна цояс.\nЦӏияб Аргъвани буго Садумайдан абулеб бакӏалда. Тахӏнаевалъул тӏехьалда рехсон буго цо бицен: некӏо заманалда Сагӏду абулев чиги чӏван, эргъвендерица жидеего бахъун бугила гьеб ракь. Гьединго рекъав Тимурица (Арсахъ Тимур) къватӏире гъурал гӏадамазул ракьазда кверщелги гьабун, гьез жидедаго гъоркье рачун рагӏула сверухъ рукӏарал гӏисинал росаби: Эшехаб, Ручнихъ, Тӏинди тӏалаби, Кастӏаниб, Чӏугӏлиб росаби.\nЭргъвендерил рохьалги Мовчанил сапарги\nПалхӏасил, тарихалдаса цо-цо гьединал хӏужабиги ракӏалде щвезарулаго эхеде рахунел нижер бер речӏчӏулеб букӏана ихдал къватӏире гъураб боцӏи-панзалда. Амма кьварун бакъвараб сверухълъиялда гьезие хъарсизе жо дагьаб бугоан. Кӏодолъиялъул рахъалъ абизе рагӏи гьечӏониги, гъветӏ-хералъул, рахъалъ мукъсанлъи бугоан гьезул ракьазул. Гьанжеги ракӏалде щвезабилин Патӏимат Тахӏнаевалъул тӏехь. Некӏо гьеб мухъ беричал, буччарал рохьаз бацараб бакӏ букӏанилан хъвалеб буго гьелда. Гьединлъидал гьанжеги цӏунун хутӏун руго гьенир бакӏ бихьизабулел цӏарал: рохьол бокӏон, рохьол щоб, Тамазал рохь, чӏугӏдерил ро\nхь, рохьол бакълъи. Гӏицӏго Гъадари росулъе балагьараб бакӏалда бихьула гьитӏинабго рохь. Заманалдасан дунялалда гьава-бакъ хисиялъул хӏасилниги батилаха гьеб, рохьал тӏагӏин.\nГьединлъидал гьанже дол некӏсиял эргъвендерил ирсилазда ракӏалда буго росу сверун дагь-дагьккун цӏидасан рохьал гӏезаризе. Шлангаздасан лъимги бачун, тӏири-тӏири ккун лъим речӏчӏулеб къагӏидаялда (капельное орошение) лъалъалел руго гьез чанго метрги гьоркьоб тун росдал сверухълъиялда чӏарал накӏкӏигъутӏби.\nГьединал пикрабаз кодоре росарал ниж басрияб росдал кӏалалде щун ратана. Цӏияб Аргъвани кигӏан цебетӏураб батаниги, кигӏан гьелъул гӏадамазда квеш букӏаниги, гӏемерисезе асар басрияб росдаца гьабулин ккола. Щайин абуни, цӏияб росдада релълъарал бакӏал жакъа Дагъистаналда гӏезегӏан руго, басрияб Аргъвани абуни цо гурони гьечӏо.\nКавказалъул рагъул заманалда Аргъвани лъабцӏул бухӏун буго. Гьединлъидал гьенир цӏакъго некӏсиял минаби цӏунун хутӏун ратичӏин хъвалеб буго архитектураялъул доктор Геннадий Мовчаница. Машгьурав этнограф Е. Шиллинггун цадахъ 1945-1946 соназда магӏарул росабалъе экспедициялъ рачӏун, нилъер умумуз минаби ралел рукӏараб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ «Старый аварский дом» абун тӏехь хъвана гьес. Масала, гьес гьениб мухӏканго бицунеб буго 200 соналъ цебего бараб Аргъваниса Сахруева Написатил минаялъул. Гьебщинаб заман баниги, мокърукь лъурал чӏалабазе расги лъугьун гьечӏин хъвалеб буго гьес. Гьелъие миккигъотӏол цӏул хасало 60 километралъ чангъаздаги лъун бехъерхъун бугоан.\nГьединалго чӏалаби жакъа къоялъги цӏунун хутӏун руго нусидасаги цӏикӏкӏун соназ цебего бараб Аргъвани басрияб мажгиталдаги. Гӏанди гӏурухъан ккураб цӏул эхеде бахъизе эргъвендерил росуго бахъунеб букӏун буго къватӏибе. Гьел чӏалабазда руго кварал жанисан ххезе гьарурал картӏалги. Кумекалъе рачӏарал гӏолохъаби кваназаризе гьанал цӏурал хьагал рукӏунаанила лъун щибаб 50 метр гьоркьобги тун.\nБухӏаниги щиб, ле, Аргъвани росу, лъабкъого багьадур цо къоялъ чӏвараб\nМажгиталда тӏадехун бихьула цо къоялда жанив 64 гӏолохъанчи вукъараб некӏсиял хабзал. 1839 соналъул 1 июналда гьениб ккана вахӏшияб рагъ. Эргъвендерица бицуна бидул гӏорал рукӏун ругила росулъа эхере чваххулел. Дов 64 гӏолохъанчиги гӏаммаб хобалъув вукъун вуго.\nГьездаго цадахъ гьеб рагъулъ чӏван руго магӏарул цогидал росабалъа рагъухъабиги — кинавниги 2000 чи.\nГӏурусазул документазда хъвалеб буго чӏваралги лъукъаралги жидер рагъухъабазул ва нухмалъулезул къадар 635 чиясдениги баханилан.\nМеценатазул ишал\nШагьидзабазе дугӏаги гьабун, басриял хабалалъа росдал кӏалалдехун балагьун унел рукӏана ниж. Нухда нижеда халлъулел рукӏана басриял, риххизе къачӏарал гӏадал минабиги, аскӏорго эхетарал цӏиял мина-руссеналги. Цадахъ вукӏарав школалъул директор Гӏумар Хӏадисовас баян гьабуна гьел шагьаразда гӏумру гьабулел гӏолохъабаз цӏи гьарулел релги, росдаего хӏажатал бакӏалги къачӏалел ругоан гьез. Масала, бан буго кверкьовуде бихьинал жанире руссине мина, гьединго мажгиталда аскӏоб каки чуризе хинаб-цӏорораб лъимги хӏажатханаби жанир ругеб бакӏ, кутакалда берцинго, бекӏкӏараб ганчӏица къачӏан буго мажгиталъул михӏмар, тӏасан кӏамураби гьарун къачӏан руго боцӏи гьекъолел русби. Гӏадамазул рукъзабахъе бачун буго гьекъолеб лъим. Росдада тӏадехун, магӏарда чанго бакӏалда ран руго гӏухьбузе жанире лъугьине квегӏенал рукъзал.\nСадакъа балъго гьабизе кколин абуниги, бокьун буго гьезул цо- цоязул цӏаралги рехсезе (гӏолохъаби тӏаса лъугьине ратила). Гьезул цо-цоял ккола Хӏажи Хӏажиев, «Технострой» ОООялъул генера- лияв директор; жалго жидедаго чӏарал предпринимателал Гъай- ирбег Мухӏамадов, Гӏабдулатӏип Гӏабдулатӏипов, Гӏабдула Зубаиров.\nГьелде тӏадеги дагьалъ цебе росда ахада гьел гӏолохъабаз бана школа-интернат. Ай, цин «100 школа» абураб проекталда гъорлъеги ккезабун, къачӏан буго къаялда хӏинкъи букӏараб цебего бараб школалъул гьитӏинабго мина.\nХадуб росдал гӏолохъабаз гьелда дандбитӏун бана лъималги учительзабиги жанир чӏолеб мина.\nГьенир цӏализарула гӏицӏго шагьаралда гӏумру гьабулел эргъвендерил лъимал. Амма гьезие дарсал кьола батӏи-батӏиял росабалъа ва Махӏачхъалаялдаса рачӏарал учительзабаз. 1990-абилел соназда гӏезегӏан учительзаби бизнесалде ран руго эргъвендерил. Гьединлъидал 16 учителасда гьоркьов ункъо чи гурони Аргъваниса гьечӏо цӏияб интернаталда.\nГьезул цояй – гӏурус мацӏалъулгун литератураялъул учительница Зугьра Абакаровалъ бицана конкурсалда бергьун жал тӏаса рищанила учительзабазул махщел камил гьабулеб институталъ (ДИРО). Гьей ккола Цӏумада районалъул Агъвалиса. Гьанжелъагӏан хӏалтӏулей йикӏана Шамхал посёлокалъул №45 школалда.\n«Аргъвани школалъе учительзаби къваригӏун рукӏин дида лъана Фейсбукалдасан. Учительзаби кидаго цӏи-цӏиял жалазда хадур лъугьун, щиб-щибниги балагьулел рукӏунел чагӏилъидал, дидаги ракӏалде ккана хӏалбихьун лъикӏин гьаб ишалъул. Тӏадежоялъе дирго гӏагараб Цӏумада районги рикӏкӏад гьечӏелъул, гӏодоркъояз гьениеги ине бегьилин ккана, гьединго жибго Аргъвани росу кутакалда тарихияб бакӏги гьечӏищха. Гьелъги асар гьабуна. Гьедин таваккал тӏамунаха дица гьание ячӏине. Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула моцӏалъ хӏалтӏун кьолеб мухь лъикӏаб букӏиналъ ячӏун ятилин дун гьание. Гуро, гьеб гӏарац бокьарав учителасда шагьаралдаги гьабизе кӏола. Масала, дарсаздаса ха- дуб репетиторлъиги гьабун. Гьаниб буго рекӏее гӏажаибаб асар гьабулеб батӏияб парахалъиги, гӏадамалги, гьаваги, ахӏвал-хӏалги», — ян бицана З. Абакаровалъ.\n«Гьаб кӏиябго росулъ чӏараздасаги цӏикӏкӏун гӏадамал къватӏир руго нижер. Масала, Нанихъутаналда 130 цӏараки гӏун буго эргъвендерил. Бабаюрт район ккола гьеб. Гьединлъидал гӏемеразе бокьун буго жидерго лъимал гьанире ритӏизе, амма 50 лъимералъе гурони бакӏ гьечӏо школалда. Республикаялъул шагьараздасагун районаздаса гу- релги, Москва областалъул Гага- риноялдасаги вуго цо цӏалдохъан. Нижер росулъа гочарал чагӏи кко- ла кутишасел. Цӏализе росеян гьениса 12 лъимералъул рахъалдаса гӏарза бачӏун букӏана нижехъе. Бакӏ гьечӏолъиялъ инкар гьабуна», — ян бицана школалъул директор Гӏумар Хӏадисовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, пача- лихъалъ школазеги учительзабазеги бихьизабураб гӏарцуда тӏаде гӏезегӏан харжал гьарула меценатаз. Гьедин, масала, 40 азарго гъурщидаса дагьаб мухь щолев учитель цониги гьечӏо гьенив.\nГӏидалъул къоязда букӏа, риидалил каникулазда букӏа росулъе рачӏиндал, лъималаз чваххун бицунеб гӏурус мацӏ гурони рагӏулароан цо заманалда къватӏахъ. Тӏадежоялъе цо росулъа чагӏийин абун, цоцадаги лъалелги рукӏинчӏо гьел. Гьелъ ракӏунтун нижги рукӏана. Гьедин нижер гӏадамаз хӏукму гьабуна гьеб жо хисизабизе: росу цӏи гьабизе, магӏарул мацӏги росдал гӏадат-гӏамалги лъазе лъимал эхеде ракӏаризе. Аллагьасе рецц, гьанже гьел лъималаз магӏарул махӏги босун буго, рахьдал мацӏалъ кӏалъалелги руго. Хадубккун нижеда ракӏалда буго гьезие лъай кьолелъул росдал тарихалде кӏвар кьезе. Рачун гьелгун, рахъун сураталгун, щибаб лъимералда бихьизабизе буго нижеца умумузул ракьазул гӏорхъи- рахъ кисан букӏарабалиги, щибаб хур-ахалда, кулабазда цӏарал кинал рукӏаралалиги», — абун бицунаго, директор Гӏумарица ниж столоваялде рачана.\nСтолалда тӏад лъун бугоан хъураб гӏиялъажоялъул къулагӏи. Гугариялъул къецазда бергьарав цо цӏалдохъанасул эбел-инсуца бачӏун бугоан гьеб садакъадуй кваназе. Лъимал абуни къойида жанир щуго нухалда кваназарулел руго гьенир.\nБухӏадил авал\nХадур ниж ана лъималги учительзабиги рега-рахъунел бакӏал рихьизе. Гьанже заманалда рекъон ремонтги гьабурал, жаниб цӏияб мебельги лъурал рукъзалги, киналго квегӏенлъаби чӏезарурал как балел бакӏалги, конференц-залги, цогидабги буго гьениб. Битӏун гьеб къоялъ конференц-залалда викторинаги гьабуна гьез. Гьенир кьолел рукӏана росдал авалазда, кулабазда, мегъалда хурхарал суалал. Лъималазда цадахъго хӏалел рукӏана гьезул эбел- эменги. Масала, экраналда бихьизабуна Бухӏадил авалин абулеб росдал цо къватӏ. Гӏодойги ккун цо ясалъухъа гӏеретӏ бекун хадубищ гьелда гьединаб цӏар рекӏарабали. Хадубго Юсуп-учителас баян гьабуна лъел цӏезе рикӏкӏад ине кколел рукӏиналъ ва гьурал рахъунеб бакӏ букӏиналъ гьеб авалалде ясал росабазе кьезе бокьулароанила умумузе. Дагӏба- къец камунгутӏиялъ жидеца гьелда Афгъанистанилан абулинги махсара гьабуна Аргъваниса чияс.\nЗаралалъе ургъизе заман тун гьечӏо\nГьеб викторина байбихьилалде квен-тӏех хӏадуризе цӏа-кан рекъезабулел, гьан къотӏулел ругоан эргъвендерил гӏолохъаби. Гьезул кӏигояв ватана гьанир церехун бицен гьабурал меценатал – Гӏабдулатӏип Гӏабдулатӏиповги Гъайирбег Мухӏамадовги. Битӏараб бицани, гьелъ дагьалъ риххизаруна ниж. Шагьаралда кӏуди-кӏудияб бизнес бугел гьезул заманищин букӏунеб росдал школалда шашликӏазе цӏа рекъезабизеги викторинаялда гӏахьаллъизегиян кколеб букӏана.\n«Нижеде божилъиги гьабун Москва областалдаса бахъаралгицин киса-кисаго шагьараздаса лъимал- лъидал гьанире ритӏун рачӏун ругел. Дагьабниги жагъаллъи ккани, нужер гӏайиб бугилан, гьезул эбел- инсуца бадирчӏваял гьариларедухъ, ниж моцӏида жанир чанцӏулго щола гьанире гӏолеб-гӏолареб жоялъул тӏалаб гьабизе. Шагьаралда лъимал квешаб хьвада-чӏвадиялде ругьунлъилин хӏинкъун рукӏарал эбел-эмен рохуца холел руго гьанже гьанире, цӏуна-къараб бакӏалде гьелги ритӏун. Гьанир кирго видео- камерабиги руго гьезда хадуб халкквезе. Гьеб гуребги, цӏали, черх лъадаризаби тун батӏияб, заралияб жоялде руссине гьезие заманги тун гьечӏо. Нижее къваригӏун буго лъай тӏадегӏанаб гӏел куцазе», — ян бицана Гӏабдулатӏипица.\nЖидеца гьел чанго батӏияб рахъалъан (спорталъул, цӏалул, рухӏияб, культураялъул) церетӏезарулел ругин тӏаде жубана директор Гӏумар Хӏадисовасги. Ораторазул курсалгицин рагьун рукӏанила Махӏачхъалаялдаса махщелчагӏиги ахӏун.\nРес бугев щуго-анлъго гӏолохъанчиги данделъун, гьанжеялдаса микьго-ичӏго соналъ цебе «Возрождение села» абун фонд гӏуцӏун буго гьез. Гьедин байбихьун буго росдал нухалгун кьоял къачӏазеги, магӏардаса лъим бачинеги, мажгиталда сверухъ бакӏал къачӏазеги, церехун рехсарал цогидал хӏалтӏаби гьаризеги.\nГьанжегӏагар гьел гӏолохъабазда ракӏалда буго росдал ракьалъе бетӏергьанлъиги («зелёнка») тӏалаб гьабун, футбол хӏалеб майдан гьабизе. Интернаталъул лъималазе гьез бараб гьитӏинабго спортзал буго гьениб. Амма шагьаралъул лъималазе футбол бокьулеб буго.\nГӏабдулатӏипицаги гьесул гьалмагъзаби-меценатазги гьарулел ишал рихьун, гьезде божилъиги гьабун цо-цо мехалда росдал гӏадамазги бачӏунеб буго фондалде гӏарац – 100- 150 азарго гъурущ ккун. Дагьалъ цебе цо ригь арай гӏаданалъги пенсиялъул гӏарцудаса 30 азарго гъурущ бачӏун буго интернаталда цӏалулел лъималазе квен босеян.\nПалхӏасил, цо къоялда жаниб Аргъвани росуги сверун, гьезул гӏадамалгунги гара-чӏварун, нижее гьабураб асаралъул жеги гӏемер мехалъ бицине бегьилаан.\nАмма абизе бокьараб жо буго цо.\nНилъ магӏарулалин, бахӏарчиял умумузул ирсилалин, гӏадат-гӏамал ккурал гӏадамалилан сордо-къоялъ керен бухун, ахӏи-хӏуралда рукӏунел цо-цо миллатцоял рихьидал, хӏисаб гьабе лъиданиги сундулниги учучуги гьабичӏого, гьаругьинан росдал хӏажалъаби тӏуралел Аргъваниса гӏолохъабазулги.\nЦерехун дида гьел кирниги рихьичӏо ва рагӏичӏо я чӏобогояб цӏар- рецц гьабулел тадбиразда, ялъуни кеп-ихтилалда, яги пачалихъги махсараде ккун, кинаб букӏаниги давла тӏезабулеб бакӏалда.\nГьезухъ буго гӏарацги иманги. Амма кӏиябго цадахъ киназухъго гуро гьеб букӏунеб.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11719-khiezh-l-alaro-9-maj-kiodo-gabize-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11719-khiezh-l-alaro-9-maj-kiodo-gabize-bugo", "title": "Хӏеж лъаларо, 9 май кӏодо гьабизе буго", "date": "2021-04-08 11:14:02", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Коронавирусалда сверухъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏал жакъа къоялъги парахатаб гьечӏо. Унтаразул къадар дагьлъулеб гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъ бицана 6 апрелалда тӏобитӏараб Оперативияб шатабалъул данделъиялда ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасги.\n— Цо къоялда жаниб унтулезул къадар бахунеб буго 40-45 чиясде. Гьеле гьеб гӏиллаялъ буго нилъеца гьаб данделъи щибаб анкьалъ тӏобитӏулебги.\nГьединлъидал цо-цо тадбиразда хурхун лъазарурал гӏорхъичӏваял жеги нахъе рахъизе бегьуларо. Гьел цӏакъго рекӏеда къан руго цо-цо чагӏазда. Мисалалъе, бертаби тӏоритӏулел рукъзабазул бетӏергьабазул гӏарз буго жидер бизнес чӏун хутӏиялда бан. Амма гьезие зарал кколеб бугин абун, тӏубараб халкъалъего бугеб хӏинкъи нилъеда кӏочон тезе бегьуларо, — ян абуна С. Меликовас.\nОперативияб штабалда рорхана республикаялда маялъул байрамкъоял кӏодо гьариялъул ва гьединго исана хӏежалде сапар гьабиялъул суалалги. Унтуца цӏакъго хӏал гьабулеб букӏиналда бан, Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубай гъоркьиса кӏодо гьабун букӏинчӏо улкаялда. Исана, щиб рес батунги, 9 май нилъеца хӏурматияб куцалда тӏобитӏизе кколин лъазабуна С. Меликовас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гӏемерисезул рахӏат хвезабун буго хӏежалде исана риччаладай абураб суалалъги.\n— Дида бичӏчӏула нилъер хӏажизабазе бугеб ургъел. Амма гьабсагӏаталда чӏванкъотӏараб хӏакъикъат гьечӏо гьеб суалалда сверухъ. Сагӏудиязул Гӏарабиялъ нилъер республикаялъе бихьизабураб квотаги гьечӏо. Хӏежалде риччаялъе аслияб шартӏ буго коронавирусалъ унтиялъул къадар нилъер республикаялда гӏодобегӏанаб букӏин. Амма гьединаб хӏасил гьабсагӏат гьечӏо. Гӏагараб заманалда гьеб хисизабизе кӏвеялде хьул буго, — ян кӏалъана республикаяъул нухмалъулесул ишал тӏуралев."}
{"slug": "11720-nukhmal-uda-giolokh-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11720-nukhmal-uda-giolokh-abi", "title": "Нухмалъуда — гӏолохъаби", "date": "2021-04-08 11:15:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 апрелалда республикаялъул спорталъул министрасул заместительлъун тасдикъ гьавуна Будун Будунов. Чанго соналъ гьес нухмалъи гьабуна республикаялъул футболалъул федерациялъе.\nАмма гӏемерисезда Будунов ракӏалда вуго машгьурав футболист хӏисабалда. 1995 соналъ гьев вачӏана «Анжи» командаялде ва чанго соналъ вукӏана бищунго церетӏурал футболистазул цоявлъун.\nРеспубликаялъул спорталъул ва физическияб культураялъул министрасул заместительлъун Б. Будунов вукӏана 13 соналъ цевеги. 2016 соналда Будун вукӏана Хасавюрт районалъул бетӏерасул заместительлъун. 2019 соналда гьесда тӏад къана Футболалъул федерациялъе нухмалъи гьабизе.\nГьанже республикаялъул рехсараб министерствоялъул нухмалъуда вуго машгьурав лъабго спортсмен. Сажид Сажидовасул кӏиабилев заместитель ккола 2004 соналъ Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав боксер Хӏайдарбег Хӏайдарбегов."}
{"slug": "11721-pitna-khiur-khiazhat-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11721-pitna-khiur-khiazhat-gechio", "title": "Питна-хӏур хӏажат гьечӏо", "date": "2021-04-08 11:21:22", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "6 апрелалда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда Сергей Меликовас къимат кьуна арал гӏодоркъояз Чачаналдаса чотӏахъаби республикаялде рачӏиналъе.\nГьеб лъугьа-бахъин ккана 3 апрелалда. Новолак районалда вукъун вугев имам Шамилил наиб Беноялдаса Байсунгъурил хабаде зияраталъ вачӏун вукӏана Чачаналдаса 29 чотӏахъан. «Ахмат-сила!» — ян ахӏдолел гьел лъалхъизаруна полициялъ.\nГьединал тадбирал бакӏалъулаб нухмалъиялда дандги ран гьаризе кколин бицана низам цӏунулез.\nС. Меликовас абуна жив цӏакъ рази вугин нилъер жамгӏияталъул церехъабазги жибго халкъалъги гьеб хӏужаялда хурхун загьир гьабураб пикруялдаса, амма щибаб ккараб-таралъул букӏунин жиндирго хӏасил. Гьелъул хӏисаб гьабизе тӏадаб бугин щивав чиясда. Гьесул рагӏабазда рекъон, щибго гьечӏеб бакӏалда питна бижизабизе къваригӏун, цӏадабе нарт тӏолел чагӏиги камуларо. Амма гьединал чагӏи зобалаздаса накӏкӏгӏанги рикӏкӏад гьаризе ккола.\nМеликовасул пикруялда, гьеб лъугьа-бахъиналдалъун бихьулеб буго республикаялда миллияб политикаялъул хӏалтӏулъ гӏунгутӏаби рукӏин.\nГьединлъидалин абуна С. Меликовас, жинда лъикӏаблъун бихьулила нилъедаги Чачан республикаялдаги гьоркьор вацлъиялъул бухьенал щула гьариялъул хӏалтӏи цӏи гьабизе. Гьеб мисал, цохӏо чачаназда хурхун гуребги, цогидал республикабазда гьоркьобги букӏине кколин тӏадеги жубана гьес."}
{"slug": "11723-khiuti-kh-umural-khurzal-pasat-garize-telaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11723-khiuti-kh-umural-khurzal-pasat-garize-telaro", "title": "Хӏутӏ-хъумуралъ хурзал пасат гьаризе теларо", "date": "2021-04-08 11:23:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "6 апрелалда республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна 23 батӏияб районалъул нухмалъулезги. Бекьараб жоялъе исана саранчаялъ гьабизе бугеб заралалъул хӏакъалъулъ бицана гьениб.\nМинистрасул заместитель Шарип Шариповас абуна, жидехъе щварал баяназда рекъон, 75 азарго гектаралда бекьараб жоялъе зарал гьабизехъин бугила исана хӏутӏ-хъумуралъ. Батӏи-батӏиял химикаталги росун, бекьараб жоялде тӏаде щван, хур-хер гьездаса цӏуна-къазелъун тадбирал гьаризе ахӏана гьес районазул нухмалъулел."}
{"slug": "11724-ral-dal-e-chorokl-i-bichcharal-ratana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11724-ral-dal-e-chorokl-i-bichcharal-ratana", "title": "Ралъдалъе чороклъи биччарал ратана", "date": "2021-04-08 11:24:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Каспий ралъад чорок гьабиялъул гӏайиб Дербенталъул чогъролгун коньякалъул заводалда бугин абуна гьеб шагьаралъул нухмалъиялъ.\nЧанго къоялъ цебе социалиял гьиназде рехун бачӏана Каспий ралъдалъе рогӏороялъусан чвахулеб чорокаб лъим бихьизабураб видеоролик. 5 апрелалда гьелъие жаваб гьабуна Дербенталъул администрациялъ. Гьезул рагӏабазда рекъон, чагъир гьабулеб «Дагъистан» абураб комбинаталъ щибаб соналъ биччалеб буго ралъдалъе гьеб чороклъи.\nГьелъул хӏакъалъулъги лъазабун, жидеца февралалдаго кагътал ритӏанин ДРялъул тӏабигӏат цӏуниялъул рахъалъ прокуратураялдеги, Роспотребнадзор ва Ростехнадзор идарабаздеги, амма гьез кинал рукӏаниги тадбирал гьаричӏин лъазабуна Дербенталъул администрациялъ.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11725-armiyalde-ritiulel-rugo-rag-ulal-makhshchelaze-khiadurgi-garun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11725-armiyalde-ritiulel-rugo-rag-ulal-makhshchelaze-khiadurgi-garun", "title": "Армиялде ритӏулел руго рагъулал махщелазе хӏадурги гьарун", "date": "2021-04-08 11:27:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "1 апрелалдаса 15 июлалде щвезегӏан Дагъистаналдаса лъабазаргогӏан гӏолохъанчи витӏизе вуго Россиялъул армиялде.\nГьедин бицана ДРялъул рагъулав комиссар Дайтбег Мустӏафаевас, 5 апрелалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс- конференциялда.\nГьелда гӏахьаллъана ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиевги, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановги.\nДайтбег Мустӏафаевас бицухъе, пандемиялъул заманалда, гъоркьиса нилъер республикаялдаса армиялде витӏун вуго микьазаргогӏан гӏолохъанчи.\n— Гьезул 70 проценталдаса цӏикӏкӏун чиясул букӏана тӏадегӏанаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай. Гьедигӏанасебго къадаралъул гӏолохъанчи вуго ДОСААФалъул организациязда цӏалун рагъулабгун учёталъулаб махщел щварав – С, Д, Е категориязул шофёрзаби, фельдшерал, крановщикал, — ан абуна гьес.\nРагъулав комиссарас бицана пандемиялъул заманалда жидецаго гьарулел цӏуна-къаязулги. Ковид бугищали лъазе гьез тестал кьезарулел руго призывалъулаб пункталде вачӏарав щивав гӏолохъанчиясдаги гьел нуха регӏизе рачӏарал гӏага- божараздаги. Гьедин тӏатинавуна вирусалъ унтарав 20 чи ва коронавирусалъ унтаразда аскӏов вукӏарав жеги нусго чиги. Республикаялда бугеб муниципалияб 52 ва республикаялъул цо призывалъулаб комиссиялда коронавирусалдаса цӏуна-къаялъе киналго шартӏалги чӏезарун ругин бицана Д. Мустӏафаевас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, армиялде щун хадур гьел гӏолохъаби кӏиго анкьалъ карантиналда чӏезарула.\nГьединго комиссариатазул киналго хӏалтӏухъабаз ковидалда данде вакцинаги гьабулеб буго. Гьеб гьабун бахъине ккола 10 апрелалде.\nАрмиялда хъулухъ гьабиялъул къагӏидаялъулъ гьадинаб хиса- басиги ккана ахираб заманалда: тӏадегӏанаб махщалилаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай бугел гӏолилаз хъулухъ гьабизе бегьула контракталда рекъонги. Армиялде ахӏун арал гӏолохъабаз гьениб цо сон балеб батани, контракталда рекъон араб лъабго соналъ тезеги рес буго.\nГьедин жидеца гъоркьисала рагъулабгун учёталъулаб махщалие азаридаса цӏикӏкӏун чи хӏадуранин армиялде витӏизеян бицана рагъулав комиссарас. Гьанже ихдал ритӏулезда гъорлъ гьединав кӏиазаргоялдасаги цӏикӏкӏун гӏолилав вукӏине рагӏула.\nКонтракталда рекъон хъулухъ гьабизе гъоркьисала нилъер гьаниса 1,5 азарго чи ун вуго.\nРФялъул Оборонаялъул министерствоялъул цӏалул идарабазде лъугьине азаргоялдаса цӏикӏкӏун гӏолилав тӏаса вищун вуго гъоркьиса ДРялъул рагъулаб комиссариаталъ. Цӏализе восун вуго гьезда гьоркьоса 350 чи.\nНагагь гьединал идарабазде цӏализе ине бокьарав чи ватани, жидехъе гӏарзаби хъваянги абуна Д. Мустафаевас, гьенире хитӏабал гьарун, документал хӏадуризе квербакъилила жидеца.\nХадуб гьес жавабал кьуна журналистазул суалазеги.\nДРялъул информациялъулгун печаталъул министр Гӏ. Хӏажиевас ракӏалде щвезаруна армиялда гӏадлу хвезабурал дагъистаниязда тӏасан цересел соназда рахъулел рукӏарал гӏарзал. Цере гӏадин гӏемер гьечӏониги, гьел гьанжеги камуларин бицана Мустӏафаевас. Масала, гъоркьиса армиялде арав 20 гӏолохъанчиясда тӏад гьарун ругила уголовниял делаби. Аслияб куцалда гьел ккола цоцазухъа гӏарац яги телефонал рахъун, жидерго бакӏалда цогидал хӏалтӏизе тӏамун гьарурал гъалмагъирал.\nГьездаго цадахъ улкаялъул батӏи- батӏиял регионаздаса баркалаялъул кагъталги рачӏунел руго нилъер рагъулаб комиссариаталде. Гьедин 40-ялдасаги цӏикӏкӏун баркала кьун кагъат бачӏун буго исана.\nРагъулав комиссарлъун хӏалтӏулеб 12 соналда жаниб цониги дагъистанияс альтернативияб хъулухъги тӏаса бищичӏин бицана Дайтбег Мустӏафаевас. Гьелде щвезегӏан Гъизляралда хӏалтӏулелъул, жидеца цо чанго гӏолилав витӏун вукӏанила тункӏихер гьабулеб заводалдаги психоневрологияб диспансералдаги хӏалтӏизе. Рагъулаб хъулухъ гьабизе бокьичӏого альтернативияб хъулухъ тӏаса бищулел гӏолохъаби, аслияб куцалда, рагъулал госпиталазде санитараллъун хӏалтӏизе унин абуна комиссарас. Амма дагъистаниял гьечӏила гьезда гъорлъ.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11731-zhamagiat-g-unkuleb-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11731-zhamagiat-g-unkuleb-bajram", "title": "Жамагӏат гъункулеб байрам", "date": "2021-04-09 07:48:01", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гӏаздакьан баккараб дерец гӏадин бачӏана исанасеб их. Сверухълъиялда жеги хасалил кьер бугониги, оцбаялъул байрамал тӏоритӏулел руго росабалъ. Их цӏилъулеб гӏуж цӏакъго пашманаб букӏана араб соналъ. Магӏирукъаз къулизарурал, къварилъиялъ чӏунтизарурал ракӏал чӏаголъизариялъул мурадалда гӏуцӏун батила гӏемерисел росабалъ иса- на гьеб байрам.\nГӏемериселго бакӏазда гьеб лъугьунеб буго ихдалил хӏалтӏабазе байбихьи лъолеб къолъун гуребги, росдал байрамкъолъунги. Гьебги квеш гьечӏо, жамагӏат данделъулеб, гӏадамазда гьоркьоб гьуинлъи цӏикӏкӏунеб буго.\nГӏемерисебго мехалъ гьеб тадбир тӏобитӏиялъе гьанже хӏаракат бахъулеб буго жамагӏат гъункизе бокьарав гӏакъилав бегавулас яги жалгоги росабалъ гӏурал, хадуб гӏодоблъиялда лъикӏаб магӏишат-яшав гӏуцӏарал, бажари бугел гӏолохъабаз.\nЖамагӏат разияб байрам букӏана араб шамат къоялъ къаралазул бищунго кӏудияб Гьочоб росулъ. Оцбаялъул байрамалъ данде гьарун рукӏана магӏарухъ ва гӏодоблъиялда гӏумру гьабун ругел росуцоял.\nАраб соналъул их цӏилъулеб гӏуж цӏакъго пашманаб букӏана гьенибги. Гӏемерав чи вукъана гъоркьисала гьочосез. Исана ихдалил байрам гьабизе тӏаде босана Гьочоса Расул Гӏумаровас. Гьев вуго гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер, бакӏал раялъул ишалда вугев бизнесмен. Ахираталъул рокъоре арал эбел- инсул хӏурматалда росуцоязе рохалилаб къо гӏуцӏизе пикру бижун буго гьесул. Байрамалъе хӏадурарал игӏланазул ахӏи букӏана «Гьочосел, цоцалъ гъункиялдалъун рази гьареги нуж Аллагьас», — абун. Берцин бихьана жамагӏат гъункиялъе, эбел- эмен ракӏалде щвеялъе васас бахъараб хӏаракат.\n— Шагьрудин вукӏана кутакалда кополав, гӏадамазе къиматав чи, — ян бицана нижее, байрам гӏуцӏулаго Расулие кваранаб кверлъун вукӏарав росуцояв, Мухӏамадзагьир Ибрагьимовас. — Гӏумруго колхозалъул гӏи-боцӏухъанлъиялда арал, гьелъул баракаталда беричаб магӏишат гӏуцӏарал гӏадамал рукӏана Расулил эбел-эмен. Жидерго мисалалдалъун магӏна бугел щуго лъимал гӏезаруна гьез. Цебесеб чанги лъикӏаб гӏадат кӏочене тун буго магӏарухъ. Нижер росулъги гӏемерал сонал рукӏана гьадин гӏадамал ракӏарараб аваданлъи тӏобитӏичӏого. Гӏадамазда гьоркьоб гьуинлъи цӏикӏкӏунел гӏадатал цӏигьариялъе хӏаракат бахъизе ккола гьанже гьоркьохъеб гӏелалъ. Росдал байрам гӏуцӏулаго, районалъул маданияталъул хӏалтӏухъабиги гӏахьал гьаруна гьочосез. Гьеб бутӏа тӏубаялъул иш тӏаде босарай Чӏарада районалъул халкъияб театралъул режиссер, ДРялъул куль- тураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Рашидат Гӏалиасхӏабовалъ бицана,\nГьочоб гуребги, районалъул цо чанго росулъги оцбанкъо тӏобитӏанилан: Кьорощ, Дусрахъ, Гьидиб росабалъги букӏана гьал къояз берцинго гӏуцӏараб оцбай, щибаб росулъ жидерго хаслъиги буго цӏунун. Дунялалда пирилъун тӏибитӏараб гьаб унтиялъ ракӏал рукӏкӏинарун руго нилъер. Бугониги, гӏадамал кӏудияб гъираялда гӏахьаллъана. Гьочоб кӏудияб хӏадурлъигун, бечедаб программаги гӏуцӏун тӏобитӏана гьеб ихдалил байрам. Умумузул заманалъго гӏадин, радалго росдал гӏелас гӏакӏа бана оцбаялъул байрамалде рахъаян. Гьочосел тӏуран макьидаса ригьиналде щибаб авалалде рагӏулеб къелесезул зурмилги къололги гьаракьалъ диегоги батӏияб асар гьабуна. Оцбай тӏаде босарав Расул Гӏумаровас ва гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ, росдал нухмалъулезгун цадахъ, тӏад кӏалъазе бакӏ течӏого тӏобитӏана байрам. Тӏасияб соналъ оцбай тӏаде босулезухъе лълъар бегьулеб лахӏзатги букӏана цӏакъ берцинго гӏуцӏун. Гьочоб гӏадат буго лъабго сонида жанир гьарурал лъималазул эбел-инсуца оцбаялда данделъарал гӏадамазе садакъаде рикьизе нигӏматал рачӏунеб. Исанасеб оцбаялда гьитӏичазде хасаб кӏвар кьуна Расул Гӏумаровас. Школалъул ригьалде рахинчӏел росдал киналго лъималазе расанкӏабиги рикьана гьенир.\nУмумузул квен-тӏехалъул тепси, «Къаралазул гӏор» фольклоралъул коллективалъул гӏахьаллъи, къедерил зурмил некӏсиял бакънал, миллияб спорталъул хӏаял, бергьаразе къиматал шапакъатал -гьалбал гӏемераб, жамагӏат разияб къо букӏана къаралазул росулъ. Гьединго байрамалда гӏахьаллъана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул вакилзаби, республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏалтӏухъабазул къокъа.\nОцбаялъул байрам лъугӏарабго росулъа къватӏире ине гӏедегӏичӏо шагьаразда гӏумру гьабулел гьочосел. Хадусеб къоялъ гьел данделъана, 2018 соналъ бухӏун хадуб цӏигьабун балеб, мажгиталда. Гьениб тӏобитӏана жамагӏаталъего пайдаяб кӏудияб тадбир.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "11732-khiabshchisa-ragiul-ustar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11732-khiabshchisa-ragiul-ustar", "title": "Хӏабщиса рагӏул устар", "date": "2021-04-09 07:58:09", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Рарал соназдасаги, нахъа тараб нухалдасаги разияв, рокъовги къватӏивги, хъулухъ-ишалдаги аваданлъи хвезе течӏев чи вукӏана шагӏир ва журналист Мухӏамадрасул Дациев. Исана 70 сон балаан мунагьал чурадица.\nГьев гьавуна Буйнакск районалъул Хӏабщи росулъ. Гьесулги лъимерлъи цогидал гӏелцоязулалдаса расги батӏияб букӏинчӏо. Заман щведал росдал школалде ана, чӏахӏиял классазда цӏалулеб мехалда, риидалил каникулазул заманалда, инсуе гӏоло магӏарда гӏиядаги вукӏана, гӏухьбузе квен-тӏехги гьабуна. Ватӏаналда цебе налъиги тӏубазабун, Ленинградалъул ралъдалгун рагъулаб училищеги лъугӏизабуна. Гьелдаса хадуб 15 соналъ ралъдал тӏиналда, букъарулеб гамида рагъулаб хъулухъги гьабуна.\nМухӏамадрасулилъ школалда цӏалулеб заманалдаго загьирлъана кочӏолаб каламалдалъун рекӏел хӏал рагьизе, пикраби загьир гьаризе пагьму-гьунар. Гьесул кучӏдул дол соназда рахъулаан республикаялъулаб «Багӏараб байрахъ» газеталда, «Гьудуллъи» альманахалда ва «Магӏарулай» журналалда. Дациевасул кучӏдузе саламатаб бакӏги кьун букӏана гӏолохъанал шагӏирзабазул гӏахьалаб тӏехьалдаги. Хадуб Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъ къватӏибе биччана гьесул жиндирго тӏехьги.\nКъисматалъулаб нух байбихьуда батӏияб рахъалде свераниги, сонал индал Мухӏамадрасул жиндирго рекӏелъ рукӏел ккураб рахъалде вуссана. Къоабилеб гӏасруялъул ункъоабилел соназул ахиралда СССРалъул рагъулгун ралъдал къуватаздаса отставкаялде арав Дациев, Дагъистаналде тӏад вуссана ва хӏалтӏана «Гьудуллъи» журналалда. 1990 соналда вачӏана магӏарул газеталъул редакциялде. Гьеб букӏана нилъер улкаялда чӏахӏиял хиса-басиял кколеб, халкъалъул пикру-гӏакълу цӏияб гӏуцӏиялде сверулеб мех. Гьел хиса-басиязде хӏадурараб бичӏчӏи букӏиналдаго цадахъ Дациевас редакциялде бачӏана цӏияб гьогьен, батӏияб хаслъи.\nБачӏинахъего ругьунлъана редакциялъул хӏалтӏухъабаздеги, тӏоцебесеб къоялъго гьезул ракӏазулъги восана гьев. Махсара-хочӏ хӏалав, гӏамал берцинав, кӏудияздаги гӏисиназдаги цого къагӏидаялъ хӏал рекъезабизе лъалев инсан вукӏана Мухӏамадрасул.\nХъвадариялъулги, кинаб рахъалъ босаниги, щиб суал борхулеб бугониги, жиндирго нух, жиндирго хатӏ, жиндирго хаслъи батулаан гьесда. Политикияб макъалаги, хъулухъчиясулгун гара- чӏвариги, адабияталъул, маданияталъул масъалаби рорхарал хӏалтӏабиги цого къагӏидаялъ гъорлъе ваккун, рагӏа-ракьанде щун мухӏканго хъвазе кӏолаан гьесда. Адабияталда, журналистикаялда, театралда — батӏалъи гьечӏо, сатирагун юмор буго бищунго захӏматаб, къанагӏатав чиясе гурони жиб халкъалъе рагьизе гьунар кьечӏеб жанр. Мухӏамадрасулин абуни унго-унголъунги сатирик ва юморист хӏисабалда машгьурлъана.\n«Хӏакъикъат» газеталда жаниб рагьараб «Бахьикъос» гьумералдаги хасаб бакӏ ккуна Дациевас. Ва жиндирго гӏумруялъул ахирал къоязде щвезегӏан гьеб гьумералъул хважаинлъунги хутӏана.\nБигьаяб иш гуро цӏалдолесе асар гьабуледухъ щибаб анкьалъ сатираялъулгун махсараялъул гьурмал хӏадур гьари. Гьелъие хӏажалъула хасаб гьунар, гьеб гьабулев чи вукӏине ккола живгоги махсара-хочӏалъул агьлу. Гьеле гьединав чи вукӏана Дациев.\nМ.-Р. Дациевасул кучӏдузулъ, макъалабазулъ, гара-чӏвариязулъ ва цогидал хъвай-хъвагӏаязулъ букӏана гӏажаибго берцинаб, цӏализеги, рагӏизеги, батизеги бокьулеб мацӏ. Гьелъги батила, щиб гьес хъваниги, бигьаго цӏалунги бачӏунаан, цӏалун хадуб ракӏалдаги чӏолаан. Мацӏалъул берцин- лъиялъги бечелъиялъги Дациевасда кӏолаан кигӏан чӏамучӏаб темаялда хъварабги макъала чӏалгӏинаредухъ цӏалдолесухъе кьезе. Цӏакъ политика хирияв, гьелда тӏасан бахӏс гьабулев чиги вукӏана мунагьал чурад.\nНижедаги, гьесул гӏемерал гьудул-гьалмагъзабаздаги лъалел, бицаде хутӏарал гӏезегӏан лъугьа-бахъиналги руго Мухӏамадрасулил. Гьелги рукӏунаан аваданал, лъиениги зарал-зиян гьечӏел, гӏадамасул напсалда хъинтӏуларел, чияда тӏад велъуларел.\nГазеталде хӏалтӏизе вачӏарав Дациев байбихьуда шагӏир Мухӏамад Патахӏовгун цо кабинеталда вукӏана. М. Патахӏов редакциялде Дациевасдаса цо соналъ цеве вачӏун вукӏана. Советияб армиялда хъулухъ гьабичӏев Патахӏовас Дациевасда лъазабуна гьаниб армиялъул законал рукӏунин, дуца дица малъараб гьабизеги кколин. Армиялъул гӏадлу-низам лъикӏ лъалев Мухӏамадрасулги гьелда разилъана, жиндаса хадур редакциялде хӏалтӏизе рачӏаразе «дедлъун» дунги вукӏинарищиланги абуна. Горбачевасул бичӏчӏулареб политикаялъ тукабаздаса кинабго жо лъугӏизабурал дол соназда хъалиянал щолел рукӏинчӏелъул, базаралде тамахьо босизеги Дациев витӏулаан, цоги-цоги гьединалго тӏадкъаялги гьесие камулароан. Анцӏила хадуб соналъ дидаса гьитӏинав дуца малъараб гьабизе кканинхаян цо- цо Патахӏовасдеги пунщулаан гьев. Патахӏовас жив «угнетать» гьавулев вугин, газеталъул редактор Гӏариповасухъе гӏарзагицин хъван букӏана.\n2011 соналъул декабралда нагагьаб балагьалдалъун захӏматаб хӏалалде ккарав Мухӏамадрасул, кин букӏаниги сахлъилин, цӏидасан редакциялде тӏад вуссинин хьул букӏана цадахъ хӏалтӏулезул, гьудул-гьалмагъзабазул. Амма гьесул унти дару гьечӏеб батана. 61 сонцин балалде къадаралдеги щвана.\nКигӏан аваданав чи вугониги,\nЧвахула диргоги беразул магӏу,\nЛъикӏав гьудул-гьалмагъ камураб мехалъ,\nКаранда гьинал ракӏ унтараб мехалъ.\nГьедин хъван букӏана Мухӏамадрасулица жиндирго цо кочӏолъ. Гьес жинцаго абухъе, гьединаб хӏал букӏана мунагьал чураяв лъалел рукӏаралщиназулги Дациев камидал.\nШарапудин СУЛТӏАНОВ"}
{"slug": "11734-ragiul-gugar-gunaral-ul-tiokil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11734-ragiul-gugar-gunaral-ul-tiokil-i", "title": "Рагӏул гугьар — гьунаралъул тӏокӏлъи", "date": "2021-04-09 09:23:08", "categories": ["shapak-atal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда «Хӏакъикъат» газеталъ Мухӏамад Шамхаловасул цӏаралда бугеб премиялъе гӏоло тӏобитӏун букӏараб къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна.\nТӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Тубхӏат Зургьалова («Дир Расул»), кӏиабилеб бакӏалъе — Гӏиса Шарапудинов («Гӏашилтӏаса Ханзадай»), лъабабилеб бакӏ щвана Тӏалхӏат Ахъбердиевасе («Гьужумалъ цӏа лъуна дир Ватӏаналда»).\nМ. Шамхаловасул премиялъе мустахӏикълъаразе шапакъатал кьуна магӏарул газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ хъвараб «Заманалъул матӏу» тӏехьалъул бицунеб тадбиралда. «Хӏакъикъат» газеталъул редактор Гӏумахан Гӏумахановас, рухӏияб хазинаялъул отделалъул редактор Патӏимат Гьитӏиновалъ премиязе мустахӏикълъаразда шапакъатал баркана ва къецалда гӏахьаллъаразе баркала кьуна.\nМ. Шамхаловасул ракьцояв, Цӏумада районалъул бетӏер Шамил Гӏумаровас къецалда бергьаразе гӏарцулаб сайгъатги гьабуна ва газеталъул редакциялъе баркалаги кьуна.\n«Цебе М. Шамхаловасул премия кьолаан лъагӏалида жаниб лъикӏаб хӏалтӏи бихьизабурал журналистазе, газеталда жанирго хӏалтӏулел яги къватӏисан хъвадарулел мухбирзабазе.\nАраб сон киназего захӏматаблъун, гӏадамал данделъизе бегьулареблъун, редакциялдаго чӏун коллективалъе хӏалтӏизе рес гьечӏеблъун букӏана. Гьеб санагӏалъи гьечӏеб заманалда Шамхаловасул цӏаралда бугеб премия гӏицӏго хӏалтӏулъ тӏокӏлъи бихьизабурал журналистазе гуребги, хъвадаризе гьунар бугел магӏарулазе кьезе хӏукму гьабун букӏана. Къец тӏобитӏиялъул мурад букӏана магӏарулазда гьоркьор хъвадаризе гьунар, бажари бугел гӏадамал тӏатинари, гьел халкъалда рагӏизари, газеталъулгун бухьен щулалъизаби», — ян бицана къецалда гӏахьаллъаразе баркалаги кьолаго П. Гьитӏиновалъ."}
{"slug": "11735-rulalda-nakh-a-chiuzhugiadan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11735-rulalda-nakh-a-chiuzhugiadan", "title": "Рулалда нахъа чӏужугӏадан", "date": "2021-04-09 09:25:37", "categories": ["insan"], "text": "Гьаб заманалда шагьаразда жамгӏияб транспорталъул шоферлъун хӏалтӏизе расги бигьаяб иш гуро. Хасго автобусгун троллейбус бачине. Гьеб иш жеги захӏмалъулеб батила руччабазе. Масала, тахшагьаралда жаниб хьвадулеб троллейбусалъул №6 маршруталъул шофер ккола Бежтӏа росулъа Гӏумарова Ларисат. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\nБАЯН\nТӏоцебе троллейбус (токалдалъун хӏалтӏулеб транспорт) хӏалтӏизе биччана 1882 соналда, Берлиналда. Гьеб ургъарав чиги ккола немцазул инженер Сименс.\nХӏалбихьи хӏисабалда гьебго тайпаялъул транспорт пачаясул Россиялда хӏалтӏизе байбихьана 1902 соналда. Гьабсагӏаталда нилъеда лъалеб хӏисабалъул троллейбусалъул мухъ СССРалда тӏоцебе хӏалтӏана Москваялда, 1933 соналда. Гьединаб мухъ Дагъистаналда (Махӏачхъалаялда) хӏалтӏизе биччана 1973 соналда.\nГьабсагӏаталда республикаялъул тахшагьаралда буго троллейбусалъул 5 маршрут ва 50 троллейбус.\nТӏолабго дунялалда хӏалтӏулел троллейбусазул бищун халатаб маршрут ккола Симферополь-Ялта (86 км.) Гьелъ нухда бала 2,5 сагӏат, белтил багьа — 180 гъурущ.\n— Ларисат, гьеб хӏалтӏи тӏаса бищиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Советияб заманалдаго троллейбусал рачунел рихьулаан руччаби. Гьеб хӏалтӏи, щаялиго, дидаги берцин бихьана. Ригьалде яхиндал, ана цӏализе ва лъугьана гьаб хӏалтӏуде. Хӏалтӏана 11 соналъ, гьелда гьоркьоса 7 сон бана Москваялдаги.\n— Киданиги рекӏекълъанищ гьединаб махщел тӏаса бищиялдаса?\n— Щибаб хӏалтӏулъ букӏунеб батила захӏмалъи. Амма диего бокьун тӏаса бищараб букӏиналъ, дун киданиги рекӏекълъичӏо. Дида лъала дидаса гӏадамазе пайда букӏин. Гьелъги базабула хӏалтӏуде жеги цӏикӏкӏараб гъира.\nПассажиразул жаваб кьезе кколеб хӏалтӏи бугелъул, тӏадежоялъе 1000 вольталъул токги хӏалтӏизабулеб букӏиналъ, захӏмалъичӏого букӏунаро. Цӏакъ мухӏканго цӏунизе ккола низам. Лъикӏаб гьечӏо нухазул ахӏвал-хӏал, хасго цӏер къараб, гӏазу бараб заманалда захӏмалъула троллейбус бачине. Шагьаралда кутакалда гӏемерлъун буго транспорт, гӏолохъабаз цӏунуларо правилаби. Амма гьелдаго цадахъ руго лъикӏал рахъалги. Ниж 2 къоялъ хӏалтӏула, 2 къоялъ рукӏуна хӏухьбахъулел. Лъикӏ хӏалтӏаразе щола премияги.\n— Кинаб бугеб дур хӏалтӏул къо?\n— Хӏалтӏул къо байбихьула радал сагӏат 6-ялда, лъугӏула къаси сагӏат 8-ялда. Къаде кваназе бихьизабураб заман буго 40 минут. Пассажирасул белтил багьа буго 15 гъурущ, аппараталъ банкалъул картаялдаса бахъулеб бугони — 13 гъурущ. Нижее чӏезабураб къойил план буго — хӏалтӏул къоязда 5200 гъурущ, гӏодоркъоязда — 4200 гъурущ. Дун ккола кӏиабилеб классалъул шоферги. План тӏубазабуни, дие щола моцӏрой 29 азаргогӏанасеб гъурущ.\n— Пассажиразда гьоркьор гӏемер кколищ нужгун къацандулел, гӏарац кьечӏого лъутун унел чагӏи?\n— Аслияб куцалда нижер пассажирал руго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамал. Цере цӏалдохъабигун студентал гӏемер рукӏунароан, гьанже гьелги гӏезегӏан рукӏуна. Гӏилла — билет учузаб букӏин. Чорокаб мацӏ бицунелги дагӏба гьабулелги цӏакъго къанагӏат гурони данд чӏваларо. Цере рукӏунаан гӏарацги кьечӏого лъутун унелги, гьанже гьединал къанагӏат гурони рукӏунаро. Хисун буго бербалагьи, нечолел руго гӏарацги кьечӏого къватӏире ине.\n— Анкьго соналъ хӏалтӏун йиго мун Москваялдаги…\n— Улкаялъул тахшагьаралда гӏемерго бигьаги лъикӏги букӏана хӏалтӏизе. Дора руго цӏиял, лъикӏал троллейбусал. Нухал руго къачӏарал, транспорталъе ва пассажиразе чӏезарун руго лъикӏал шартӏал. Мухьги буго гӏемерго цӏикӏкӏараб. Дун гӏадинав шоферасе доба щола 70-75 азарго гъурущ.\n— Тӏубараб къоялъ рулалда нахъаги йикӏун, къаси рокъое щведал хинкӏал гьаризе жанго хутӏулищ?\n— Сундего ругьунлъула инсан. Дидаса гӏемерго захӏматаб хӏалтӏиги гьабулел, гӏемерго дагьаб гӏарацги щолел руччаби гӏемер руго. Дирго эбелалъул, кӏудияй эбелалъул, гьезул гӏелалъул руччабаз баччараб захӏматалда данде босизе ресго гьечӏо дида бихьулеб гӏакъуба. Гьединлъидал рокъое щведал чӏужугӏаданалда тӏадаб гьабизе заман кидаго букӏуна.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "11840-mikhail-mishustin-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11840-mikhail-mishustin-dag-istanalda", "title": "Михаил Мишустин Дагъистаналда", "date": "2021-04-15 10:51:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "14 апрелалда Дагъистаналде вачӏана РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустин.\nМахӏачхъалаялъул аэропорталда гьесда дандчӏвай гьабуна президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкацаги, республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасги, РФялъул Оборонаялъул министрасул замести- тель Тимур Ивановасги ва цогидазги.\nМ. Мишустинида цадахъ рачӏана РФялъул сахлъи цӏуниялъул министр Михаил Мурашкоги, Ростуризмалъул нухмалъулей Зарина Догузоваги, тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Александр Козловги, ралел бакӏазул ва ЖКХялъул нухмалъулев Ирек Файзулинги, экономикияб цебетӏеялъул министр Максим Решетниковги.\nАэропорталдасанго гьел ана Дербенталде. Оборонаялъул министерствоялъул кумекалдалъун бараб, шагьаралъул больницаялде щвана улкаялъул премьер ва хал гьабуна гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ.\nРФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Дагъистаналде вачӏиналде цересел къояз, улкаялъул хӏукуматалъул министрзабазул чангоялги щун рукӏана республикаялде. Гьеб батизе бегьула моцӏалъ цебе РФялъул Федерациялъул Советалда «Дагъистаналъул къоял» тӏоритӏулеб заманалда Сергей Меликовас гьабураб кӏалъаялъул хӏасилги.\nГьел сапаразул хӏасиллъун кканин абизе бегьула Каспийскиялдегун Махӏачхъалаялде лъим бачинелъун цӏияб лъел мухъ бахъизе хӏукму гьабиги.\nДербенталъул «Хехаб кумекалъе» — 16 машина\nДербенталде щварав РФялъул премьер Михаил Мишустинида бихьизабуна машгьураб Нарын-хъала.\nГьенив премьер хӏайран гьавуна экскурсия гьабулей гӏадан Таиса Гӏалибулатовалда тӏад ретӏун букӏараб миллияб ратӏлица. Хасго асар гьабуна гьесие риццатал щватабазда гъорлъ, тӏад хьиталги гьечӏого гьей хьвадулей йихьидал.\nГьел жураб-щватабазе 122 сон бугин бицана Гӏалибулатовалъ Мишустиние. Жидер тухумалъул лъабго чӏужугӏаданалъ ретӏанила гьел гьанжелъизегӏан.\nГьебго сапаралда хӏукуматалъул нухмалъулес тӏадкъай кьуна Дербенталъул «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» станциялъе 16 цӏияб машина босизе гӏарац биччазеги.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11841-turizmal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11841-turizmal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev", "title": "Туризмалъул цӏияв нухмалъулев", "date": "2021-04-15 10:56:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул туризмалъул ва халкъияб махщелчилъиялъул министрасул ишал тӏуралевлъун тана Эмин Мерданов.\nЦӏияв министрасул буго 29 сон. 2014 соналда гьес лъугӏизабуна МГУ ва гьенибго аспирантураги. 2017 соналда лъугӏизабуна МГИМОялъул магистратураги. Лъала ингилис ва гӏараб мацӏал.\n2020 соналъул ноябралда тӏамун вукӏана министрасул тӏоцевесев заместительлъун."}
{"slug": "11842-magiarul-avtonomiyal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev-ajtemir-satiraev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11842-magiarul-avtonomiyal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev-ajtemir-satiraev", "title": "Магӏарул автономиялъул цӏияв нухмалъулев – Айтемир Сатираев", "date": "2021-04-15 10:58:42", "categories": ["kkara-tar"], "text": "15 апрелалда ДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялда тӏобитӏана магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул данделъи.\nГьенив вищана автономиялъул цӏияв нухмалъулев – республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги вукӏарав Казбек районалдаса бизнесчи Айтемир Сатираев.\nГьелде щвезегӏан гьеб хъулухъалда вукӏана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Ибрагьимил Мухӏамад.\nАвтономиялда сверухъ цолъарал миллатцоязе баркалаги загьир гьабун, гӏелмияб хӏалтӏуе квекӏен ккезехъин бугиланги абун, нахъе кьуна гьес гьеб жамгӏияб хӏалтӏи.\nТӏадежоялъе дагьалъ цебегӏан Хъвадарухъабазул союзалъ Мухӏамадида тӏадкъана авар секциялъе нухмалъи гьабиялъул ишги.\nМагӏарулазул цевехъан, автономиялъул тӏоцевесев нухмалъулев Сайгидпаша Гӏумахановас бицана гьанжеялдаса хадуб автономия федералияб ва халкъазда гьоркьосеб даражаялде бачине бугилан. Гьелъул мурадги кколила Россиялъул регионазда ва къватӏисел улкабазда ругел магӏарулал цолъизари, рахьдал мацӏгун маданият цӏуниялъе, тарих бечед гьабиялъе хӏалтӏи гӏуцӏи.\nС. Гӏумахановасул жамгӏияв кумекчи Шамхалдибир Гӏисаевас тӏаде жубана автономиялъул хӏалтӏи цӏилъизабиялъе гӏоло гьелъул вакилзабаз кватӏичӏого чанго данделъиги тадбирги тӏобитӏизе бугинги.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11843-giusmaniyazul-imperiya-tsiunize-k-erkarav-magiarulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11843-giusmaniyazul-imperiya-tsiunize-k-erkarav-magiarulav", "title": "Гӏусманиязул империя цӏунизе къеркьарав магӏарулав", "date": "2021-04-15 11:01:35", "categories": ["history"], "text": "Миякьоса Гӏумархӏажи\n(Гӏусманиязул империя цӏунизе къеркьарав магӏарулав)\nХӀX гӏасруялъул ахиралда расги лъикӏаб хӏал букӏинчӏо Гӏусманиязул империялъул. Кӏудияв вац Мурад Щуабилесухъа султан Гӏабдулхӏамид Кӏиабилесухъе щола накалде ккараб улка.\nГьединги загӏиплъараб гьелъие квалквалал гьарулаан бакътӏерхьул рахъалъул пачалихъаздаса квербакъи щолел рукӏарал жамгӏиял хӏаракатчагӏазги. Тӏадежоялъе, халифаталъул гӏорхъаби цӏунизелъун рагъалги гьаризе кколаан.\nГьеб заманалда улкаялда ккола младотурказул инкъилаб. Гьединго къватӏисел улкабаздаги байбихьула бусурбанчи-халиф хӏисабалда Гӏабдулхӏамид Гӏусманиязул империялъул нухмалъиялда вукӏине кколарин абурал ахӏиял гьаризе.\nГьеле гьединаб мехалда мугьажирлъун Турциялде гочана 29 сонил ригьалде вахарав Миякьоса Гӏумархӏажи.\nГӏахъушалиса Махӏамаца бицараб балъголъи\nДагъистаналдасаги Турциялда цӏикӏкӏун машгьурав вуго Гӏумархӏажи. Щайин абуни гьесул аслияб гӏумру гьениб индал.\nНахъзаманалда Дагъистаналда чӏегӏераб цӏа рекӏине, рагъал байбихьизе ругин абулеб букӏун буго Гӏумархӏажица, гьесул наслуялъул чагӏаз бицухъе. Гьезул цояв ккола гӏезегӏан мехалъ Миякьо росдал советалъул председательлъун хӏалтӏарав Хӏасан Беркиханов.\nГьес бицана жиндир эбелалъ абулаанин гьесда цадахъ эменги, яц Париги, гьелъул вас Хӏасанги, цогидаб гӏагарлъиги, ай кинавниги 25 чи гочанин Турциялде. Хадубккун Гӏумархӏажица гӏарабияйги ячун гьарурал анцӏго-анцӏила хадуб лъимерги букӏун буго.\nКъватӏиве инегӏан Гӏумархӏажи вукӏун вуго росдал мажгиталда дибирлъун.\n— Мунагьал чураяй дир эбелалъ абулаан Гӏумархӏажи жиндир инсул вацгӏал кколаанин. Гьелъ бицунаан цо нухалда Салатавиялъул 12 росдал чагӏиги ракӏарун, Гӏахъушалиса Махӏамайин абурав валияс гьезда шайих вукъараб бакӏ бихьизабулеб букӏанилан (ислам тӏибитӏизабизе гӏарабалъа Дагъистаналде вачӏарав ункъавго шайихасул цояв – Мусашайих – авт.). Гьеб мехалда цо чи кӏалъан гьечӏила гьенив, гӏицӏго 12 сон барав Гӏумархӏажи цеве кӏанцӏун вачӏун вугила, гьедин батани, жидеда гьесул ссан бихьизабеянги абун. Мадрасаялда цӏалулев вукӏун вуго гьев доб мехалда.\nЩибниги бихьизабизе кколарин, гьединаб адаб гьечӏеб жойищин букӏунеб, кӏудиял чагӏазухъ гӏенеккун гьал гӏисинлъимал щиб гьабулел чагӏи гьанирин абун, Гӏумархӏажида хадув лъугьанила гьесул имгӏал Ризван (дир эбелалъул кӏудияв эмен).\nГьев вас живго теян ишан гьабунила шайихас Ризваниде. Цинги аскӏовеги ахӏун, Гӏумархӏажил гӏинзунибе цо жоги щурун, гьав васасул кӏудияв гӏалимчи вахъине вугин абула гьес.\nХадуб валияс бихьизабураб бакӏалда ракьги бухъун ралагьидал, унго-унгоги чӏагояв чиясул гӏадал хӏатӏал раккун рачӏанила къватӏире. Бетӏер бугеб бакӏ бухъизе тун гьечӏо гьес. Гӏицӏго абун буго халалъиялда анлъго метр бугин гьесул къаркъалаялда, борцинеги борцун, гьеб бакӏалда тӏад рукъ бани, нужер росабазе баркат щвелин», — ан бицана Хӏасаница.\nГьес бицухъе, Гӏумархӏажи гьавун вуго 1846 соналда. Хвана 1920 соналда.\nФилологиял гӏелмабазул кандидат, ДГУялъул преподаватель Разият Мухӏамадовалъги (Миякьоса Муса-шайихасул яс) тӏаде жубана жидер кӏудияй эбел Нусайбат (гьев Хӏасанил яцгӏал) зама-заманалдасан къварилъахъдулаанила Турциялде гочарал жиндирго гӏагарлъиги ракӏалде щун. Хасго гӏемер бицунаан Гӏумархӏажил. Гьитӏинал чагӏи, жидеда гьев щивали бичӏчӏулароанила, хасго советияб заманалда гьединал чагӏазул бицине гьукъун букӏун.\nНусайбатил эмен Салимханица росдал лъималазда Къуръан малъулеб букӏун буго. Цо заманалдасан Гӏумархӏажица кагъат бачӏун буго гьесухъе гьанже Гӏиракъкъагӏидаялда малъизе кколинги абун.\nСССР биххун хадуб Миякьове Хӏасанихъе вачӏун вуго Турциялда чӏарав Цӏобокьа Шугӏайб абурав чи. Ресалда ругел гӏадамал кулакал гьарун, колхозал гӏуцӏулеб мехалда, хъизанги росулъ тун, дове гочун вукӏун вуго гьев. Шугӏайбица Хӏасанида бицун буго Гӏумархӏажиясул хъизан-лъималги Пари абурай яцги дора рукӏин.\nХадуб, 1996 соналда кӏиябго росдал (Цӏобокь-Миякьо) гӏадамалги гӏахьаллъун кӏудияб мавлидги гьабун буго Гӏумархӏажил рухӏги рехсон.\nГьебго заманалда филологиял гӏелмабазул доктор Сиражудин Хӏайбулаевасги гьесул аспирантка Разият Абакаровалъги биччана Гӏумархӏажил мавлидазул мажмугӏги. Жиндир кӏудияй эбел Нусайбатида гьел мавлидал рекӏехъе лъалаанин, гьелъ гьел жиндагицин малъулаанин бицуна Разиятица.\nГьелдаса хадур Турциялде щвана Гӏумархӏажил наслуялъул цойги чи — профессор Сахрудин Сафаров, цадахъ Мухӏу Гӏалиевгун.\n— Росулъ гьабураб доб мавлидалъул видео бихьун буго гьез Гӏумархӏажил вас Юсупида. Гьедигӏан кӏудияб тадбир букӏин лъарабани, хваниги вачӏинаанин жив, амма ракӏги унтун вачӏине нахъе къанин абун буго гьес. Гьеб мехалда Юсуп вукӏун вуго 83 сонил ригьалде вахарав чи. Гьанже гьев чӏаго гьечӏо», — ян бицана Хӏасаница.\nГьевги Шугӏайбица бицен гьабурай яцги туркалъе гьарурал Гӏумархӏажил лъимал ккола. Гьес ясалда лъун буго Дагъистаналда хутӏарай жиндирго эбел Патӏиматил цӏар.\nГӏумархӏажи хванилан Турциялдаса кагъат бачӏиндал, 1925 соналда гьавурав Хӏасанил вацасда Гӏумархӏажил цӏар лъун букӏана. Гьев хвана 2004 соналда.\nХӏафиз\n2018 соналда Турциялдеги ун, журналист Хӏажимурад Магаевас ННТ-телеканалалъе бахъана Гӏумархӏажил бицунеб передача. Гьенив гьев дандчӏвана гӏусманиязулги ингилисазулги архиваздаса къанагӏатал документалги ралагьун, Гӏумархӏажил хӏакъалъулъ тӏехь бахъарай гӏалимчӏужу Зайнаб Эрчетингун.\nХӏажимурад Магаевас бицухъе, Гӏумархӏажица гьениб хъван буго гӏелмияб 20 хӏалтӏи.\nБайбихьуда гьев цӏализе лъугьуна Ая-София мажгиталда гӏагарлъухъ бугеб мадрасаялде. Гьениве вачӏиналде Дагъистаналда щвараб лъайги букӏуна Гӏумархӏажил. Масала, эмен Гӏабдурахӏманидасанги щун буго гьесие лъай. Гӏабдурахӏман вукӏун вуго имам Шамилица къимат гьабулев гӏалимчи, гьесулгун пикруцояв. Мадрасаялда цӏалун лъагӏалидасан Гӏумархӏажица хъвала Къуръан цӏалиялъул рахъалъ жиндирго тӏоцебесеб тӏехь.\nРамазан моцӏалъ султанасул кӏалгӏаялъурги кьолаан гьес дарсал. Бицуна гьев пагьму бугев чи вукӏанилан. Масала, Къуръан рекӏехъе лъазабун буго гьес анлъго моцӏида жаниб. Гьединго рекӏехъе лъалел рукӏун руго 200 азарго хӏадисги «Сахӏихӏул Бухари» абураб асарги. Гӏумархӏажи вищун вукӏун вуго Хӏафизазул экспертазулаб шураялъул вакиллъунги.\nШайих Ахӏмад Зиявудин Гюмушханавие бергьун кӏудияб асар гьабулеб букӏун буго Гӏумархӏажица. Гьединлъидал гьесда жиндирго цӏаргицин лъун буго гьес. Гьелдалъун Гӏумархӏажил къадру тӏадеги борхун буго.\n1879 соналда Эдирне абулеб (Турциялъе кӏвар кӏудияб) бакӏалда гьев тӏамула полкалъул муфтилъун. Гьенир гьес гӏелмиял хӏалтӏаби хъвалаан магӏарул, гӏараб ва турк мацӏазда.\nДагь-дагьккун раккана Гӏумархӏажил пагьму-гьунаралда хӏал хъублъарал чагӏиги. Байбихьана гьез гьесда нахъасан султанасде мацӏал гьаризе. Гьел сабаблъун Гӏумархӏажи хъулухъалъ гъоркьегӏан вачана.\nМладотуркалги «Мухӏамадия» союзги\nХадур Турциялда байбихьана султанасул ханлъи тӏаса рехизе къваригӏун гьарулел хӏалбихьиял. Гьел нахъчӏвазе хӏукму ккарав Гӏумархӏажица султан Гӏабдулхӏамидихъе кагъат хъвала жив парламенталъул тӏасияб палатаялде вачеян. Гьенир ругел чагӏазда кӏолаан улкаялда законал рахъулелъул тӏадецуй гьабизе, гьениб гьоркьоб рагӏи бицине. Амма султанас инкар гьабула Гӏумархӏажие.\nЦинги гьес гьесухъе цӏидасан кагъат хъвала жив пачалихъалъул шураялде яги лъай кьеялъул ассамблеялдениги вачейин. Гьебги данде кколеб батичӏони, жив императорасул кӏалгӏаялъув хасал хъулухъ азул чагӏазе лекциял цӏализениги тейилан. Амма гьелъулги хӏасил кколаро, щайин абуни гьеб мехалде хун букӏуна султанасул къимат, хъулухъазда толел чагӏазул суалгицин тӏубазе бажарулеб букӏунаро гьесухъа. Младотуркал абулел чагӏи рукӏуна бетӏер борхизе лъугьун. Гьедин гьез хӏаракат бахъула жидерго улкаялъул шайхулисламлъун (муфтилъун) жидерго рахъ ккурав Муса Казим Эффенди абулев чи ккезавизе.\n1908 соналда Гӏумархӏажица хъвала «Инкъилабалъул матӏу» ва «Султанасул ихтияразул хӏакъалъулъ 40 хӏадис» абурал хӏалтӏаби. Гьез асар гьабурав султан Гӏабдулхӏамидица гьесие сайгъат гьабула меседил 40 гъурущ. Гӏабдулхӏамидил ханлъи тӏаса рехизе гӏемер мех хутӏун букӏунаро. Гьединлъидал султанасе кумек хӏисабалда гьеб мехалда Гӏумархӏажица хъварал гьел хӏалтӏабазул кӏвар кӏудияб букӏана. Гьезул аслияб магӏна кколаан халифаталъул центрлъун Стамбулги, гьелъул кверщел кодосевлъун бусурбанчи-халифги вукӏине кколин абураб. Бусурбанчи-халиф хӏисабалда Гӏабдулхӏамидилги кӏудияб къадру букӏана дунялалъулго бусурбабазда гьоркьоб.\n1909 соналда Турциялда раккана младотурказда дандечӏарал чагӏи ва гьезул ишал сурун рихьизарулел «Мухӏамадия» абулеб союз. Гьез кколаан шаригӏаталъул рахъ. Гӏумархӏажиги вукӏана гьезда гъорлъ. Гьединлъидал жидее шаригӏат билълъанхъизабизе къваригӏун бугилан, кӏанцӏун Турциялъул парламенталдегун, нахъе гъола гьениса младотурказул депутатал, гьединго армиялдаса гьезулго офицералги ритӏула нахъе.\nАмма хадуб (апрелалда) младотурказе къватӏиса кумекги щун, гьез чӏван, кварида ран гъанкъун, туснахъ гьарун балагь бачӏинабула жидедаго дандечӏун рукӏарал диниял гӏадамазде. Гьединго Гӏабдулхӏамидил ханлъиги тӏаса рехула. Аллагьас кьурал къоял ахиралде щвезегӏан Грециялде, Салоники шагьаралде витӏула гьез гьев.\nГьеб мехалда гӏумруялъго туснахъ гьавула Гӏумархӏажиги.\n1909 соналъул июлалда цӏияб хӏукуматалъ хӏукму къотӏула «Мухӏамадия» союзалда гъорлъ рукӏарал аслиял вакилзаби гӏумруялъго туснахъ гьаризе.\nГӏумархӏажица гьарула жиндие туснахъ хӏисабалда Мадина шагьар бихьизабеян. Гьедин 1909 соналъул 30 октябралда гьев Мадинаялде вачӏуна. Гьелдаса щуго сонгун бащдаб лъагӏалидасан, Мадина шагьаралъул комендантасул кагъат бачӏуна Стамбулалде Гӏумархӏажи тӏурун вукӏиналъул бицун. Байбихьула гьеб хӏужаялъул цӏех-рех гьабизе. Дагьалъ чӏун лъала гьев Жиддаялдасан Египеталде ворчӏун вукӏин.\nГьеб заманалда Мадинаялъул шерифлъун вукӏуна Хӏусен Гӏали ибн Аль-Хашими. Некӏогоялдасаго жидедаго тӏад букӏараб турказул кверщел тӏаса рехизелъун, дагьалъ чӏун гьес турказулгун рагъ байбихьула. Гьесулги Мадина шагьаралъул комендантасулги кутакаб дандеккунгутӏи лъугьуна Гӏумархӏажие гӏологи. Шерифасул кумекчияс квербакъанин дагъистаниясе Египеталде тӏуризеян гӏайибал гӏунтӏизаризе лъугьуна гьесде комендант.\nАвараг макьилъ вихьи\nБицен буго доб мехалда Египеталъул бетӏерлъуда вукӏарав Гӏаббас Пашада свалат-салам лъеяв Мухӏамад авараг макьилъ вихьун вугилан. Аллагьасе вокьулев Мадинаялда вугев пуланав чи цӏуне дуцаян абун рагӏула Аварагас гьесда. Гьедин Гӏаббас Паша щола Мадинаялде, Аварагасул мажгиталде. Чода тӏад гьениве вачӏунев чи вихьидал, ццим бахъуна гӏадамазул. Цинги цо гӏалимчияс абула гьесда щай мун чода рекӏухъе гьаниве вачӏарав, гьанире рачӏине ккола гьаб бакӏалъул хӏурматги гьабун, ракьалдаги къочулаго. Гьеб мехалда Гӏаббас Пашаца абула: «Дур хӏакъалъулъ макьу бихьана дида, вачӏа аскӏовегӏан, дуда къвал базе бокьун буго дие», — ян.\nГьедин Гӏумархӏажи Египеталде уна гьесда цадахъ. Диналъул суалазул рахъалъ гӏакълучилъун Гӏаббас Пашал кӏалгӏаялъув хӏалтӏулевги вукӏуна.\nТӏаде щола дунялалъул тӏоцебесеб рагъ байбихьараб 1914 сон. Ингилисаз нахъасан гьусун, Египеталъулал тӏамулел рукӏуна Германиялъулгун ва Австро-Венгриялъулгун гьоркьоблъиялда бугеб Гӏусманиязул империялда данде рагъизе.\nГьеб мехалда Гӏумархӏажица байбихьула газетаздасан гьезде хитӏабал гьаризе, нуж бусурбаби гурелищин, ярагъ гӏодоб лъеян. Ингилисаз кигӏан цензура билълъанхъизабизе лъугьаниги, инкар гьабуларо гьес гьединал макъалабаздаса.\nГьединго Гӏаббас Пашацаги турказул рахъ ккола. Гьелдаса хадув ингилисаз тахида цойги чиги тун, гьев туснахъ гьавун Швейцариялде витӏула. Жидеда дандечӏей гьабунилан, Гӏумархӏажиги чӏвазе къотӏула. Амма Гӏаббас Пашаца Великобританиялъул къираласухъе кагъат битӏула Гӏумархӏажи эркен гьавеян гьарун. Халипаталъул муфтилъиялдаса инкар гьаби Хӏажимурад Магаевас передачаялда бицунеб буго ингилисазул архивалда хъван батанила гьев Маккаялде витӏизе рес бугин, гьенив улкаялъул къирал Хӏусен хӏадур вугин хъизангун цадахъ гьев къабул гьавизе. Амма Гӏумархӏажи Стамбулалде тӏад вуссине кканила. Антантаялда гъорлъе унел пачалихъаз тӏутӏун бан, къуватаб Гӏусманиязул империялъул хутӏараб жого батуларо гьесда. Байбихьуда живго цӏалулев вукӏараб мадрасаялъе нухмалъи гьабизе лъугьуна Гӏумархӏажи Стамбулалда. Гьебго заманалда Даруль Хиляфат университеталда дарсал кьезеги ахӏула гьев. Гьединго халифаталъул султан Мехмед Анлъабилесе бокьун букӏуна Гӏумархӏажида тӏад шейхулисламасул (муфтиясул) хъулухъ къазе. Амма оккупантазул кверщаликь бугеб улка халифат кколарилан, гьединлъидал гьес инкар гьабула гьелдаса.\nХӏажимурад Магаевас бицухъе, Гӏумархӏажи вукъун вуго Сулеймания хабзалалъ, жиндирго шайих Ахӏмад Зиявуддин Гюмушханавида аскӏов, Гӏусманиязул султан Сулейманида гӏагарлъухъ.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА\n(пайда босана Хӏажимурад Магаевас хӏадур гьабураб передачаялдаса)"}
{"slug": "11844-muslimatalda-batarab-khinl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11844-muslimatalda-batarab-khinl-i", "title": "«Муслиматалда» батараб хинлъи", "date": "2021-04-15 11:19:02", "categories": ["history"], "text": "Гьал къоязда, тӏаде щолеб бугеб хирияб Рамазан моцӏги баркизе, гьелъул хиралъиялъулгун кӏваралъулги бицине «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъаби гьоболлъухъ ахӏун рукӏана «Муслимат» руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ. Гьенире щведал, жиндиего хасаб гугьар бугеб гьимигун нижеда дандчӏвай гьабуна гьеб идараялъе гӏемерал соназ нухмалъи гьабулей йигей Хадижат Шихгӏалиевалъ.\n«Муслиматалда» цебе бугеб «Рухӏияб берцинлъиялъул школалда» цӏалулел ясазул, руччабазул кумекалдалъун лъикӏаб гьоболлъиги гьабуна нижее «муслиматалъулаз».\nХирияб Рамазан моцӏалъул хӏурматалда букӏараб гьеб дандчӏваялда нур базабун букӏана хӏафиз, Тӏелекьа Тӏалхӏатов Гӏумарасхӏабицаги, «Нурул ислам» газеталъул редактор, гӏалимчи Мухӏамад Хӏажиевасги. Гьез нижер суалазе жавабалги кьуна.\nГьединго нижеца гьитӏинабго «сапар» бухьана «Муслиматалъул» хӏикматазул цӏураб хӏайранаб дунялалдеги.\nНилъерго гъалатӏазе мукӏурлъиги, гьел ритӏизаризе къуват гӏейги, дунялалда ругелгӏан мехалда, гьеб берцин гьабизе ккейги – гьеб кинабго ракӏалде щвана «Муслиматалда» рукӏаго. Рухӏдаллъизе бачӏана Хадижатидаги гьенир лъай босулел ясаздаги. Гьале дол – гӏумруялъул кьеразе нур кьолел цоги кьерал. Гьал кьерал кьерукълъани, рухӏияб берцинлъиялда кьаву чӏвала. Гьелда кьаву чӏвангутӏиялъе гьабулеб гьарзаяб хӏалтӏиялда баракат лъейги.\n«Муслимат» руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ нижеца цебеги бицун букӏана ва гьениб тӏоритӏулел тадбираздаги гӏахьаллъи гьабуна. Динцоязе кидаго рагьаралго рукӏуна гьезул нуцӏби.\nНиж, ай редакциялъул хӏалтӏухъаби, иргадулаб нухалдаги гьезухъе щвараб мехалда, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас, газеталъулгун бугеб бухьеналъухъги, ясазе рухӏияб тарбия кьеялъулъ лъолеб бугеб кӏудияб бутӏаялъухъги, жамгӏияб хӏаракатчилъиялъухъги Хӏурматалъул грамотаги кьуна Хадижат Шихгӏалиевалъе. Гьелъ нижееги сайгъат гьаруна «Нурул ислам» газеталъул хӏаракаталдалъун М. Хӏажиевас къватӏибе биччараб «Исследование сокровенных тайн сердца» абураб Абу Хӏамид аль-Гъазалиясул гӏурус мацӏалде руссинарурал тӏахьал.\nРуччаби-гӏалимзаби хӏажат руго\n«Муслимат» — руччабазда исламияб гӏелму малъулеб, тӏадегӏанаб лъаялъул мугӏалимзаби къватӏире риччалеб цӏалул идаралъун лъугьинабизе ракӏалда букӏана нижеда, — ян бицана Х. Шихгӏалиевалъ. — Гьанир цӏалун динияб лъай щварал руччабаз бачӏунеб гӏелалъул ясаздаги гӏелму малъилин абураб хьулги букӏана. Ракӏалда букӏахъе гӏицӏго исламиял гӏелмабазда тӏадчӏезе рес ккечӏо. Гьеб анищ тӏубачӏо, ясал жанир рукӏине общежитие гьечӏолъиялъги.\nНилъер республикаялда исламиял гӏелмабазда тӏадчӏарал, шаргӏиял хӏукмаби гъваридго лъалел руччаби къанагӏат гурони дандчӏваларо. Дица цӏех-рех гьабуна гьединал руччабазул хӏакъалъулъ. Кӏиго чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ гурони баянал щвечӏо. «Хӏакъикъат» газеталда батана Шагӏбан-къадил ясалъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Инсуца малъун буго гьелда исламияб гӏелму. Гьединго республикаялъул архивалдаги батун букӏана исламияб лъай щварай цо гӏаданалъул хӏакъалъулъ.\nХадуб хӏукму ккана бачӏунеб гӏелалъе динияб тарбия кьолел ясал куцазе «Рухӏияб берцинлъиялъул школа» гӏуцӏизе. Гьаниб ясазда Къуръанги, фикъгьиги, рукӏа-рахъине кколеб къагӏидаги, берцинлъиялъул ва сахлъиялъул балъголъабиги, медицинаги, богогьанлъиги, рукъариги ва цогидалги, ай чӏужугӏаданалъе чара гьечӏого хӏажатал, лъазе кколел жал малъула. Нижер «Рухӏияб берцинлъиялъул школалдаса» къватӏире риччала исламияб лъайги бугел, лъикӏаб тарбияги щварал рукӏинесел улбул».\n«Муслиматалда» хӏафизалги куцала Кӏудияб асар гьабуна нижее гӏалимчи, хӏафиз Гӏумарасхӏаб Тӏалхӏатовасулгун ккараб гарачӏвариялъги. Гьал къоязда къватӏибе биччана Гӏумарасхӏабица гӏарабалдаса магӏарул мацӏалде буссинабураб ва тӏадежураял гьарун хъвараб «Кӏиябго рукъалъул талихӏ» абураб тӏехь. Гьеб тӏехь буго нилъер адабияталда букӏинчӏеб, цӏакъ къваригӏараб, чара гьечӏого щивав бусурманчиясул рокъоб букӏине рекъараб тӏехь. Гьелъ жанире рачун руго гӏемерал пайдаби, лъикӏлъаби, хиралъаби ва гьединго берцинал тӏабигӏатазде халкъ ахӏулеб гӏелму. Гьениб бицунеб буго ризкъи гӏатӏилъиялъе хӏалтӏизарулел нухазул, къиямасеб къо чӏеялъул гӏаламатазул, паризаял ва суннатал каказул, хириял къоязул хӏакъалъулъ. Тӏехьалда баян гьабулеб буго дунялалда ва ахираталда талихӏаллъун рукӏиналъе, балагьал нахъчӏваялъе, жужахӏалъул цӏаялдаса хвасарлъиялъе гьарулел гӏамалазул хӏакъалъулъ. Имам Хӏубайшиясул тӏехьалдаса магӏарул мацӏалде буссинабуралда тӏадеги, гӏадатиял гӏадамазда бичӏчӏулеб куцалда шархӏ гьабун буго Гӏ. Тӏалхӏатовас. Нижееги сайгъат гьабуна гьеб пайдабазул цӏураб тӏехь.\n11 соналъ Сириялдаги цӏалун тӏадвуссарав Гӏумарасхӏабица тахшагьаралъул мадрасабазда чанго соназ дарсал кьолел руго. «Муслиматалъул» цӏалдохъабазе Къуръан рекӏехъе лъазабиялъул дарсалги лъола гьес.\nДиниял руччабазул рукӏел, шайих Сагӏид-апанди чанго нухалда гьоболльухъ вачӏараб «Муслиматалъул» минаялда рекӏее парахалъиги, гӏодобе биччайги халлъана нижеда. Гьениб бугеб гӏадлу-низамги, берцинлъиги, диналде бугеб рокьиги бихьарав Сагӏид-апандица (къ.с.) Хадижатида абунги буго: «Гьадинал бакӏал Дагъистаналъул щибаб росулъ рагьизе бокьилаан дие», — ян абун. Байбихьудаса нахъе шайихасги гьесул лъади Узлипат-хӏажиялъги насихӏатал, малъа-хъваял гьарулаан жамгӏияб гӏуцӏиялъул руччабазе.\nКанлъукъазда Къуръан цӏализе малъула\nДин цебетӏеялъеги чӏужугӏаданалъул гӏумру лъикӏлъиялъеги гьенир тӏоритӏулел тадбиразул ва данделъабазул бицана Хадижат Шихгӏалиевалъ. Гӏицӏго тахшагьаралда гуребги, батӏи-батӏиял шагьараздагун районазда рагьарал «Муслиматалъул» филиалазги рухӏияб тарбия кьун куцана гӏемерал руччаби.\nГьенир цӏалулел руго канлъукъал ва гӏинда бакӏал ясалги. Брайлил къагӏидаялъ хъвараб Къуръан цӏаларал ясал республика тун къватӏир тӏоритӏулел конкурсаздаги гӏахьаллъулин бицана Хадижат-хӏажиялъ. Ингушетия республикаялда канлъукъазда гьоркьоб тӏобитӏараб «Къуръан цӏалиялъул» къецалда тӏоцебесеб бакӏ ккурай «Муслиматалъул» цӏалдохъаналда киналго тамашалъун хутӏун рукӏанинги бицана гьелъ. Нилъер республикаялда гьединаб лъай кьолеб бакӏ, хасго жамгӏияб идара букӏинги нилъ рохизе ккараб хӏужа гьечӏищха.\n«Рухӏияб берцинлъиялъул школалъул» ва жакъа Дагъистаналъул руччабазул рухӏияб рахъалъул бицана нижее Х. Шихгӏалиевалъ. Хъизан-лъимал хьихьизе, гьезие тарбия кьезе ккани исламиябги светиябги лъай щвезе кколин, гьединлъидал чӏужугӏадан кинабго рахъалъ цеетӏурай йикӏине кколин рикӏкӏуна гьелъ.\n«Муслиматалъ» щибаб бащдаб лъагӏалие гӏуцӏула ва къватӏибе биччала руччабазе хасаб исламияб календарьги, батӏи-батӏиял игӏланалги, кантӏизариялги. Исламалда чӏужугӏаданалда лъазе тӏадал жалги, дугӏабиги, хӏадисалги, кантӏизарулеб каламги, назмабиги, рукӏарахъиналъулъ пайдаял малъа-хъваялги данде гьарун рукӏуна календаразда. Пандемия сабаблъун исана календарь къватӏибе биччан бажаричӏо.\nГьединго «Муслимат» гӏуцӏиялъ байбихьун букӏана «Нижер аманат» абураб лъималазул журнал къватӏибе биччазеги. Гӏарцул рахъалъ рес рекъечӏого гьеб биччазе ихтияр цогидазухъе кьезе ккана.\n«Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан»\n«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул минаялда жаниб чӏвараб игӏланалда хъван руго «Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан» абурал рагӏаби. Гьебги бугин ккола бусурбабазул руччабазул гӏуцӏиялъул чӏужугӏаданалъул къимат борхизабиялъул мурадалда гьабураб ахӏи. «Муслиматалъ» гӏахьаллъи гьабула рухӏияб рахъалъ республикаялъул гӏаммал суалал тӏураялъулъги. Чӏужугӏадан-эбелалда хъатӏичӏого хутӏуларо жамгӏияталда кколел ругел лъугьа-бахъинал. Щайгурелъул щивав бахӏарчиясулги щивав такъсирчиясулги йигелъул эбел. Гьелъ кьураб тарбиялда бараб букӏуна гӏемерисеб мехалда инсанасул къисматги жамгӏияталда гьоркьоб гьес кколеб бакӏги. Гьединлъидал, руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ гӏемерал соназ кӏвар кьолеб буго чӏужугӏаданэбел рухӏияб рахъалъ куцаялде ва динияб лъай кьеялде. Гӏагарлъи-хъизамалда гьоркьоб маслихӏат букӏинабиялъеги квербакъула гьез кидаго. «Муслимат» гӏуцӏиялъул мурад ккола Дагъистаналда чӏужугӏаданалъул гӏумру лъикӏлъизаби, гьей росасулги гӏагарлъиялъулги къадру-асс борхизабулейлъун лъугьинайи.\nЖакъа гьеб ккола Дагъистаналъул руччабазе бокьараб къоялъ мугъ чӏвалеб хӏубилъунги, бачӏунеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьолеб кӏалгӏалъунги, ресукъазе, къобухӏаразе кидаго битӏараб кумекалъулаб кверлъунги.\n«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏи рагьиялъе кьучӏ лъуна 1994 соналдаго Хадижат Шихгӏалиевалъ ва гьейго гӏадал халкъалъул гӏумруялъул ургъалица рахӏат толарел жамгӏиял хӏаракатчагӏи-руччабаз. Гьел ккола батӏи-батӏиял хъулухъазда рукӏарал, гӏадамазда гьоркьоб къадру-къимат бугел руччаби. Гьез лъураб кьучӏалда тӏегьана ва жакъа къоялде щвезегӏанги цӏияб къуватгун ва лъикӏалде божилъигун цебехун унеб буго Дагъистаналъул бусурбаби-руччабазул жамгӏияб гӏуцӏи.\n«Муслимат» гӏуцӏиялда жанир батӏи-батӏиял соназда рагьана мадрасаби, исламияб университеталъул филиал ва гьеб гуребги цогидал хӏасил кьолел хӏалтӏабиги гьаруна. 2000-абилеб соналда гьениб рагьана руччабазе исламияб лъай кьолеб мадраса. Гьенире хьвадула анкьго сон барал гьитӏичалги 70 сон барал ригьалде рахарал руччабиги.\nХадижат Шихгӏалиевалъ бищунго анищаблъун рикӏкӏунеб гьанжесеб гӏелалъул ясазе рухӏияб тарбияги исламияб лъайги кьолеб, йикӏинесей эбелалда рукӏа-рахъиналъул адабалги малъулеб руччабазул «Рухӏияб берцинлъиялъул школа» хӏалтӏулеб буго 2006 соналдаса нахъе. Абизе бегьула гьеб школалъ эбел-инсуда тӏасан битӏараб тарбия кьеялъул ургъел босулеб бугин.\n25 сон – исламалъул нухда\nДагъистаналъул регионалияб руччабазул «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏи хӏалтӏизе байбихьаралдаса исана 25 сон тӏубалеб буго. Гьебщинаб заманалда жаниб Аллагьасе гӏоло гьабулеб жамгӏияб хӏалтӏулъ Хадижат Шихгӏалиевалда цадахъ рукӏана халкъалда гьоркьор жидер къадруги борхатал, исламияб дин цебетӏезабиялъулъ жидеца гӏахьаллъиги гьабулел диналъул вацалгун яцал.\nСахаватал гӏадамазул кумекалдалъун, 25 соналда жаниб жамгӏияб гӏуцӏиялъ гӏумруялде рахъинаруна чӏужугӏаданалъе, бесдал лъималазе квербакъиялъе ва цогидалги проектал. Гьеб гӏуцӏиялъулъ цолъарал батӏи-батӏиял халкъазул вакилзаби, цогидал диниял идарабиго гӏадин, экстремизмалде дандеги къеркьана. Жамгӏияб гӏуцӏилъун букӏаниги, «Муслиматалъ» Дагъистаналъул муфтияталъул гӏалимзабазда цӏехон гурони динияб рахъалда хурхарал ишалги гьаруларо.\n«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏалтӏи байбихьулелъул кӏудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналъул рухӏиял церехъабаз ва ресалда ругел гӏадамаз. Гьеб кири цӏикӏкӏараб жамгӏияб хӏалтӏуде яхӏ-къадру бугел гӏемерал руччаби недегьго ахӏана «Муслиматалъул» хиси гьечӏей председатель Хадижат Шихгӏалиевалъ.\nЛъимал – Аллагьасул аманат\n«Рухӏияб берцинлъиялъул школалда» цӏалулел ясазе жидергоги жидер хъизамалъулги гӏумру берцин гьабизе хӏажалъулеб лъай щвезе киналго квегӏенлъабиги ресалги чӏезарун руго «Муслиматалда». Гьенибго буго исламияб лъай кьолеб «Аманат» абураб лъималазул центрги. Жидерго лъималазул лъималгун цадахъ чӏахӏияб ригьалъул руччабиги рачӏуна гьенире Къуръан цӏализе, щибаб рузман сордоялъ данделъула аварагасде (с.т.гӏ.в.) свалат битӏизе, зикру бачине.\nЩибаб соналъ тӏобитӏула шайих Сагӏид-афанди (къ.с.) ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда Къуръан рекӏехъе лъалел ясазда гьоркьоб республикаялъулаб къецги. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏуна нилъер улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса диниял хӏаракатчагӏи.\n«Рухӏияб берцинлъиялъул школалъул» цӏалдо хъабаз ва хӏафизаз гӏахьаллъи гьабула республикаялда ва гьеб бахун къватӏир тӏоритӏулел Къуръан цӏалиялъул, как битӏун баялъул, хирияв Мухӏаммад аварагасул (с.т.гӏ.в.) гӏумру лъазабиялъул рахъалъ къецаздаги.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА, Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "11973-ulbuzda-chivaleb-kver-va-prezidentasul-barkala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11973-ulbuzda-chivaleb-kver-va-prezidentasul-barkala", "title": "Улбузда чӏвалеб квер ва президентасул баркала", "date": "2021-04-22 07:06:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 апрелалда Владимир Путиница хитӏаб гьабуна РФялъул Федералияб Собраниялде.\nУлкаялъул бетӏерас хитӏаб байбихьана коронавирусалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул бициналдалъун. Ракӏалде щвезабуна 2020 соналъ гӏемерав чиясе ккараб къварилъи. Баркала кьуна тохтурзабазе, Роспотребнадзоралъул, низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазе. Бицана гьанже аслияб жо бугин кинавго чияс вакцина гьаби. Хасго рохизе ккараб хӏужа бугин ковидалде данде 3 батӏияб вакцина улкаялда хӏадур гьаби.\nХалкъалъул рукӏа-рахъиналъулги социалиял масъалабазулги бицунелъул тӏадчӏей гьабуна гӏисинал лъимал ругел улбузда кверчӏвазелъун чанго программа хӏадуризе букӏиналда. Эбел яги эмен гьечӏел хъизамалда гӏолеб лъимадуе, ай 8-16 сонил ригьалда ругезе кьезе буго щибаб моцӏалъ 5600 гъурущ. Кумек гьечӏого хутӏарай лъимаде йигей эбелалъеги щибаб моцӏалъ кьезе буго 6360 гъурущ. Школалде унел лъимал ругеб ва исана тӏоцебесеб классалде лъимер унеб хъизамалъеги августалда кьезе буго 10000 гъурущ.\nРосабалъ ва шагьаразда ругел музеялгун клубал къачӏазе 24 млрд. гъурущ биччазе бугинги абуна В. Путиница. Гьединго лъабго соналда жаниб регионазе кьезе буго «Хехаб кумекалъул» 5000 машинаги. Гьезда гьоркьоса 123-яб щвезе буго нилъер республикаялъе.\nПрезидентас лъазабуна кодор лъималгун поликлиникабаздаги больницабаздаги иргаялда улбул чӏезе тӏамулеб къагӏидаялъеги ахир лъезе бугин.\nГьединго лъазабуна рукъалда аскӏобе газалъул мухъ бачаралъухъ бетӏергьабазухъа гӏарац босулеб къагӏидаги лъугӏизабеян.\nУлкаялъул бетӏерас бицана цӏалул тӏахьазул хӏакъалъулъги. Гьес абуна жинда кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏин гьел тӏахьал хъвалел щалали ва кир цӏаларал чагӏияли. Цебе ккараб жо хъван батулеб бугила гьезда.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11974-yuzhdag-alde-gaburab-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11974-yuzhdag-alde-gaburab-sapar", "title": "Юждагъалде гьабураб сапар", "date": "2021-04-22 07:10:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасда ракӏалда буго гӏадамазул яшавги, къварилъи-гӏатӏилъиги бихьизе батӏи-батӏиял районазде сапарал гьаризе. Масала, гьединаб мурадгун гьев щвана Дагъистаналъул югалъул рахъалда ругел шагьараздегун цо чанго районалде. Дандчӏвана гӏадамалгун, хал гьабуна ралел школазухъ, больницабазухъ, ясли-ахазухъ, росдал магӏишаталъул ва цогидалги социалиял идарабазул хӏалтӏухъ.\nБайбихьуда щвана Дербент районалъул Хъала росдал фельдшеразулгун акушеразул пункталде. Гьелъул хӏалтӏухъабазулгун гара-чӏвариги гьабуна.\nГьебго къоялъ республикаялъул бетӏер щвана Низами Гӏалиевасул цӏаралда бугеб цӏибил гӏезабулеб предприятиялдеги.\nМамедхъалаялде щведал, Меликовасда бихьизабуна ясли-ах ва гьоркьохъеб школа. Росдал гӏадамаз бицана жидерго къварилъи-гӏатӏилъиялъул хӏакъалъулъ. Масала, спортивияб зал базе ракь щолеб гьечӏин, цӏад банщинахъе нухал холин.\nМеликов щвана ДагъОгни шагьаралдеги. Балагьана цӏияб поликлиникаялъул бугеб хӏалалъухъ ва шагьаралъул архитектуриябгун тарихияб музеялъухъ.\nШагьаралъул гӏадамазул аслиял гӏарзал рукӏана лъеда, газалда, токалда хурхарал суалазда тӏасан.\nДРялъул бетӏер щвана «Дагестан Стекло Тара» абураб цӏер къотӏулеб заводалдеги. Гьелъул нухмалъулев Патахӏудин Мухӏамадовас бицана гьениб гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ ва абуна Чехиялъул Sklostroj фирмаялъулгун къотӏи-къаял гьарулел ругин цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъе.\nЦинги республикаялъул нухмалъулес сапар бухьана Табасаран районалде. Щвана Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул» цӏаралда бараб хъаладухъе. Гьениб Меликовасда бицана тӏансаби рессизе ругьун гьарулеб школа районалда цебеги букӏанин, гьанжеги бугин. Амма къваригӏун бугин гьел ричизе бакӏ. Къватӏисел улкабазул гӏадамаз нилъер тӏансаби гъираялда росулин ва гьеб иш рукӏалиде ккезабиялъе кумек гьабейин абун.\nНахъисеб къоялъ, ай 18 апрелалда Меликов щвана Мухӏарамкент районалъул Дружба ва Мухӏарамкент росабалъе. Гьениб бан бахъунеб бугеб школаги, 60 гьитӏичасе бакӏ бугеб цӏияб ясли-ахги бихьизабуна гьесда.\nЖепел росулъе вачӏарав гьев щвана «Сад» абураб КФХялде. 150 гектаралда гьелъ чӏараб гӏечул ахалъухъги хал гьабуна гьес.\nДогъузпара районалде вачӏиндал, гьев щвана биххун иналда хӏинкъи бугеб школалде. 350 чияс бакӏ бугеб цӏияб школа хӏажат бугин бицана бетӏерасда школалъул директорас. Кумек гьабизе рагӏи кьуна Меликовасги.\n19 апрелалда С. Меликов щвана Сулейман-Стӏал ва Хив районазде. Дандчӏвана росабазул гӏадамалгун, гӏенеккана гьез бицунеб-толелъухъ.\nЮгалъулаб Дагъистаналде С. Меликовас гьабураб сапаралъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна политолог Альберт Эседовас:\n-Республикаялъул бетӏерас битӏун абуна югалъулаб Дагъистаналъул цо-цо районал ахирал соназда тӏалъиялда кӏочон тун рукӏанин. Гьелъул хӏакъалъулъ чанго нухалда хъван букӏана дицагоги. Масала, предпринимателазе щибаб соналъ гранталъулаб гӏарац биччалелъул, республикаялъул югалъулаб рахъ кӏочон толаан. 2014 соналда 110 миллион гъурщил багьаяб 455 гранталда гьоркьоса гьенибе (Юждагалде) ана гӏицӏго лъабго грант – 700 азарго гъурущ. Гьелъул хӏакъалъулъ ахӏи бахъинабидал, грантал кьеялъул система тӏубанго чӏезе тана.\nЛъикӏаб иш гьабуна Меликовас. Май моцӏалъ гьединалго сапарал цогидал районазде гьаризе ругинги лъазабуна гьес.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11975-vaktsina-gabural-tsiikikiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11975-vaktsina-gabural-tsiikikiana", "title": "Вакцина гьабурал цӏикӏкӏана", "date": "2021-04-22 07:13:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "20 апрелалда Сергей Меликовасул гӏахьаллъигун тӏобитӏараб оперативияб штабалъул данделъиялда бицана вакцинация гьабиялъул хӏакъалъулъ.\nСахлъи цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, вакцина гьабун буго 52 азарго чиясе.\nРоспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас абуна сордо-къоялда жаниб ковидалъ унтаразул къадар 0,13 проценталдаса цӏикӏкӏинчӏин. Цересел анкьазда рукӏарал тарихазухъ балагьани, гьезул къадар дагьлъун буго.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "11976-danukh-e-gaz-bachana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11976-danukh-e-gaz-bachana", "title": "Данухъе газ бачана", "date": "2021-04-22 07:15:07", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гумбет районалъул росабалъе газ бачиналъул тадбирал гьарулел руго «Газпром газораспределение Дагестан» идараялъул махщелчагӏаз.\nПроект гӏумруялде бахъинабуна РФялъул регионазде газ бачиналъул программаялда рекъон. Гьелъие гӏарац кьуна «Газпром» ПАОялъ. Проект хӏадурана ва рогӏрал рачиналъул хӏалтӏи гӏуцӏана «Газпром межрегионгаз» ОООялъ. Техникияв заказчиклъун ккола «Газпром инвест» ОООялъул вакиллъун бугеб «Газпром газификация» абураб филиал.\n«Газ биччазе буго гьеб къабул гьабизе гӏадамазул хӏадурлъи гьабун бахъараб мехалда», -ян бицана «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъул исполнительный директор Ризван Гъазимухӏамадовас."}
{"slug": "11977-l-etsa-g-ank-arab-magiishatal-ul-danderizhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11977-l-etsa-g-ank-arab-magiishatal-ul-danderizhi", "title": "Лъеца гъанкъараб магӏишаталъул «дандерижи»", "date": "2021-04-22 07:17:41", "categories": ["magiarukh"], "text": "15 апрелалда Унсоколо районалде щвана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов.\nРихьуниб ГЭС балаго лъеда гъоркье ракьал араб щуго росу буго гьениб: Унсоколо, Рихьуни, Зиранигун Майданское, Гьаракӏуни ва Хьаргаби районалде гьоркьобе унеб Къудукь. Амма 10-ялдасаги цӏикӏкӏун сон буго гьезул пачалихъалъухъа рецӏалихъ гӏарац щоларого. Гьанже гьеб суал тӏубаялъул иш гӏедегӏинабизе бугин абуна Гӏ. Гӏамирхановас.\nРихьуниб ГЭС базе байбихьана 1977 соналда ва гьеб халат бахъана 30- гӏан соналъ. ГЭСалъул сангар (плотина) бан бахъана 2008 соналъул ихдал. ГЭСазул рахъалъ хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комиссиялъ хӏукму гьабун букӏана 547 метралдаса тӏаде лъим бахунаредухъ хӏалтӏи гьабизе. Амма хӏисабалде босун букӏаралдаса цӏикӏкӏунги ккун, лъеда гъоркье ккана тӏадехун рехсарал росабазул ракьал.\nБукӏана митинг, букӏинчӏо хӏасил\nГьеб рахъалъ бищун цӏикӏкӏун зарал ккана рихьундерил жамагӏаталъе. Лъеда гъоркье ккана ахазул 216 ва мучӏдузул 125 гектар. Гьелдаго цадахъ 184 гӏолохъанаб хъизан хутӏана жанире руссине рукъзалги гьечӏого.\nЖидерго тӏалабазулги бицун митинг гьабизе ракӏалда букӏана гьезда 2014 соналъул 5 марталда. Амма доб мехалда хӏукуматалъул идарабаз гьелъие изну кьечӏо. Митинг тӏобитӏичӏониги, росабазул жамагӏатазул вакилзабиги ракӏарун, данделъи гьабуна. Гьелда гӏахьаллъи гьабун букӏана доб мехалда республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб округалда вукӏарав вакил Ибрагьим Ибрагьимовасги. Нужеца тӏалаб гьабулеб бугеб рецӏалил гӏарац цебего щванин нужееян бихьизабун бугин гьал документаздайиланги абун, саламатаб къадар кагътазулги рихьизарун рукӏана гьес. Кагътазда гьеб кьураблъун бихьизабун бугин, амма нижее гьелъул цо капекги щвечӏин хъудулеб халкъги букӏана.\nХиса-басиязул гьогьен\n15 апрелалда Гӏ. Гӏамирхановасулгун букӏараб дандчӏваялда лъеда гъоркье арал ракьазул рахъалъ Унсоколо райадминистрациялда цебе гӏуцӏараб отделалъул нухмалъулев Гӏалихӏажиев Мухӏамадица бицана:\n-Нижер ахалгун хурзал лъеда гъоркье ун хадуб, щуябго росдае ккараб заралалъул хӏисабги гьабун, 2008 соналъго республикаялъул хӏукуматалъ проекталъулабгун сметаялъул документация хӏадурун букӏана. Гьелда тӏад хӏалтӏулаго ана лъабго сон ва 2012 соналъул январалде сметаялда бихьизабураб къадаралда рекъон нижее кьезе кколаан 9 миллиардгун 500 миллионгӏанасеб гъурущ. Гьеб гӏарац бихьизабун букӏана 1178 хъизамалъе рукъзал разеги, лъеца гъанкъизарурал ракьазухъ рецӏалие кьезеги, щуябго росулъ социалияб 25 объект базеги. Амма гьелдаса нахъе чан сон ун батаниги, нижее гьеб гӏарац щвечӏо, -ян ракӏалде щвезабуна гьес.\n— Гӏабдулатӏипов республикаялъул нухмалъуде вачӏиндалги борхун букӏана нужеца гьеб суал…\n-Букӏана. Амма гьеб мехалдаги щвечӏо гӏарац.\nСергей Меликов вачӏун хадубго дагьаб туркӏи лъугьанин абизе бегьула. Ковидалъ унтун Москваялда вукӏаго гьес лъазабуна гьеб суал жиндирго бербалагьиялде гъоркье босулеб бугин абун. Москваялдаса нахъ вуссун вачӏиндал, хӏукуматалда данделъиги тӏобитӏана ва гьелда дунги гӏахьаллъана. Гьениб бицана гьабизе бугеб хӏалтӏулги. Гьоркьоб заман ун бугелъул, рецӏалил гӏарац щвезе кколел гӏадамазул сияхӏги проекталъулабгун сметаялъул документацияги цӏи гьабизе кколин абуна Меликовас.\nПалхӏасил, хӏукму ккана цӏиял документалги хӏадур гьарун, тӏасияб соналдехун нижее рецӏалил гӏарац щолеб хӏал гьабизе, -ян бицана М. Гӏалихӏажиевас.\nМиллиардазул махӏ чӏвана…\nРеспубликаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Манвел Мажонцил рагӏабазда рекъон, зарал ккарал гӏадамазе рецӏалие кьезе буго 10 миллиардгун 946 миллион гъурущ.\nГьеб гӏарцуда гьоркьоса 6 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ щвезе ккола лъеда гъоркье арал ракьазухъ рецӏел хӏисабалда. Миллиардги хадубги -рукъзал гьечӏого хутӏарал гӏадамазе минаби разе. Хутӏараб гӏарцуде разе ккола Рихьуни, Майданское-Зирани, Гьаракӏуни, Унсоколо росабалъ хӏажатал социалиял объектал, ай школа, ясли-ах ва гь.ц.\n-Гьеб лъабабго суалалда гьоркьоб бищунго захӏматаблъун буго социалиял объектал раялъул масъала, -ян бицана Мухӏамад Гӏалихӏажиевас. -Гьел разелъун цӏидасан хӏадур гьабизе ккола проекталъулабгун сметаялъул документация, лъазаризе ккола тендерал. Республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Манвел Мажонцица абуна исана сентябралдехун киналго документалги къачӏан, тӏасияб соналъулаб бюджеталда гъорлъе гьеб гӏарац бачине хӏаракат бахъилин.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "11979-vatiantsoyazulgun-bukhenal-shchula-garuleb-zakon", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11979-vatiantsoyazulgun-bukhenal-shchula-garuleb-zakon", "title": "Ватӏанцоязулгун бухьенал щула гьарулеб закон", "date": "2021-04-22 07:26:07", "categories": ["obshestvo"], "text": "20 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана Россиялъул гӏорхъи бахун къватӏир ругел ватӏанцоязул рахъалъ дагьалъ цебе бахъараб ДРялъул законалъул хӏакъалъулъ.\nГьелда гӏахьаллъана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимов, Россиялъул МИДалъул Махӏачхъалаялда вугев вакил Гӏамирхан Мухӏамаддадаев, «Ватӏан» ассоциациялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов.\nГьеб закон къабул гьабуна исана 25 марталда. Гьелъ квербакъизе буго нилъер заманалда гуребги, советияб власталъул яги пачаясул заманалдаго Дагъистан тун къватӏире гочарал ракьцоязе кумекалъе гӏуцӏулел тадбиразе (рахьдал мацӏалгун маданият цӏунизе батаниги, нилъергун бизнес гьабизе къваригӏаниги).\nГӏамирхан Мухӏамаддадаевас бицана РФялъул даражаялда гьединаб закон 1999 соналдаго къабул гьабун букӏанилан.\nГьелдаса нахъе 22 сон индал бахъаниги, нилъее гьелъул хӏажалъи бугинги абуна гьес. Амма Мухӏамаддадаевасул щаклъи буго кколеб куцалда гьеб хӏалтӏизе букӏиналда. Масала, гьесул пикруялда рекъон, гӏасрабаз, чанго анцӏ-анцӏ соназ къватӏисел пачалихъазде гочарал нилъер гӏадамал умумузул ракьалде тӏад руссине гьечӏо.\n-Дун МИДалъул вакиллъун вугеб щуго соналда жаниб цохӏо чӏужугӏадан кӏалъана нижехъе жиндие РФялъул гражданлъи гуреб, «вид на жительство» къваригӏун бугилан. Сириялда чӏарай дагъистанияй йикӏана гьей. Австриялда цӏалулел жиндирго лъималазухъе Россиялдасан ине бигьа букӏиналъ тӏалаб гьабулеб букӏун буго гьелъ «вид на жительство, -ян бицана Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас.\nЦинги Энрик Муслимовас мухӏкан гьабуна законалъул магӏна ватӏанцоял тӏубанго нилъехъего тӏадруссинари гурила, гьелдалъун рес бугила культуриял, экономикиял, медицинаялъул, туризмалъул ва цогидалги бухьенал щула гьаризе.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "11981-zhanazabazda-tiasangi-un-kh-ulukh-balagulev-chi-guro-dun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11981-zhanazabazda-tiasangi-un-kh-ulukh-balagulev-chi-guro-dun", "title": "«Жаназабазда тӏасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гуро дун»", "date": "2021-04-22 11:04:39", "categories": ["insan"], "text": "Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 105 сон тӏубаялда бан Дагъистаналъул Гӏелмияб централда тӏобитӏана гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гӏахьаллъана Гъуниб районалъул бетӏерги, Данияловасул гӏагарлъиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги. Гӏелмияб централъул хӏалтӏухъабаз тӏадчӏей гьабуна рагъул соназда Данияловасул хӏаракатаб хӏалтӏуда.\nАсар гьабуледухъ, цоцо мисалалги рачун, гьев ракӏалде щвезавуна ДАССРалъул культураялъул министрлъун вукӏарав Гӏабдулатӏип Хӏажиевас. Масала, нилъер мадугьалзабазда цадахъго Гьоркьохъеб Азиялде гочинариялдаса Данияловас нилъ цӏунараб куцалъул.\nГӏабдурахӏманил ясалъул яс Ума Ахӏмадовалъ машгьурав кӏудияв инсул хӏакъалъулъ бицунелъул, ракӏалде щвезабуна, ахирал соназда кигӏан унтуца кӏвекӏаниги, рокъо сезда гьес хӏал лъазабизе то леб букӏинчӏолъи. Гьес абулаанила чиясда жиндирго гӏузрабаздаги гӏунгутӏабазда тӏад бергьенлъи босизе кӏвезе кколилан.\nГьес гӏумру гьабулеб букӏараб минаялъуб музей гьабизе ккеялъулги рехсана У. Ахӏмадовалъ.\nРакӏалда чӏана Данияловас Ахти районалъе нухмалъуде тӏамун вукӏарав, гьанже «ДагъистанАзербайжан» гӏуцӏиялъул президент Гӏабдулгъафар Ахӏмадовасул кӏалъайги.\n«Гьединаб кӏудияб районалде нухмалъи гьабизе гьедигӏан гӏолохъанав мун витӏизе барахщунги вуго дун, амма цо гьари буго: гӏадамазда гъорлъ гӏадатгоги хехго гьезул къваригӏелал тӏуралевлъунги вукӏа. Щибаб жоялъе гӏоло гӏарзал рахъизеги вачӏунге: гьеб я дие, я бюро ялъе бокьуларо»,-ян лъазабуна дида доб мехалда Данияловас.\nДун гьевгун гӏезегӏан бакӏазда дандчӏвазе ккана. Даниялов вукӏана гӏицӏго жиндирго лъай гӏакълуялдалъун цевехун арав чи.\n…Гӏабдурахӏманил кабинеталъур тӏад хӏур ккарал папкаби халлъулел рукӏана дида. Имам Шамил ритӏухъ гьавизе (реабилитация) хӏадурулев вукӏана гьев. Гьединлъидал жив го тӏадчӏун лъазабулеб букӏана гьес гьеб суал (Имам Шамил 1950 соналда официалияб куцалда лъазавун вукӏана «халкъалда данде чӏарав чилъун», «турказулгун ингилисазул жасуслъун» – авт.).\n…Данияловасул бихьинаб хасияталъул цойги мисалги бачинин. Гьеб букӏана 1937 сон. Нажмудин Самурскиясе вас гьавун вукӏана. Обкомалъул кӏиабилев секретарь Сорокинги цогидалги ана гьесда баркизе.\nГьелдаса хадуб Сорокиница Гӏ. Данияловасда абуна чӏайин, кӏалъазе къваригӏун бугилан. Цинги абуна мун росдал магӏишаталъул суалазул рахъалъ Москваялде ине кколилан.\nГьев уна. Амма тӏад вуссун вачӏиналде Самурскийги, Тӏалхӏатги, Мамедбековги туснахъ гьарун ратула. Гьес абулаан Москваялде инчӏого хутӏаравани, жив гьел цӏунун кӏалъазегицин рес букӏанила.\nБитӏун гьеб заманалда Сорокиница Данияловасе Дагъистаналъул Совнаркомасул председателасул хъулухъ кьолеб букӏуна. Амма Данияловас инкар гьабула жив жаназабазда тӏасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гурилан.\nДоб заманалда гьеб кутакалда бахӏарчияб иш букӏана. Бокьараб лахӏзаталда хисизе бегьулаан гьесул къисматги.\n1939 соналъул ахиралда Сорокин хъулухъалдаса инегӏан, щибаб пленумалда, конференциялда Данияловас гӏайибал чӏвалел рукӏана репрессиязда. Гьелъие нугӏлъи гьабулел хъвай-хъвагӏаялги руго архивазда.\nГьеб гуребищ бихьинчилъи? 1937 соналда гьесул букӏана гӏицӏго 29 сон. Амма гьеб мехалде Даниялов вукӏана къвакӏараб ракӏалъул, цӏубараб пикруялъул, цеветӏурав чи».\nДанияловасул бицунаго, Гӏабдулгъафар Ахӏмадовас чанцӏулго тӏад-тӏад вуссун абуна жив гьабсагӏаталда лезги миллаталъул чи хӏисабалда кӏалъалев вугилан.\nДанияловас магӏарулалги цолъизарун, лезгиял рикьизарунин кьучӏ гьечӏел кӏалъаял гьарулел цо-цо чагӏазда бичӏчӏизабизелъун, Гӏ. Ахӏмадовас цойги бачана лезги миллаталдехун Данияловас бихьизабураб бербалагьиялъул мисал.\n1952 соналда Дагъистан Азербайжангун цолъизабизе анищазда вукӏарав азербайжаназул цевехъан Багиров сабаблъун лезгиял махӏрумлъана Шахдагалдаги Магани абулеб бакӏалдаги рукӏарал мучӏдузул 78 азарго гектаралдаса.\nГьеб гӏиллаялъ доб мехалда Дагъистаналъул бетӏерлъуда вукӏарав Гӏ. Данияловас Москваялде хитӏаб гьабула гьел ракьал цо заманаялъниги республикаялда хадур теян. Амма Москваялъ букӏахъего тана Багировасул хӏукму. Прессаялдаги гӏемер борхана гьеб суал.\n«Гьединлъидал дир кӏудияб гьари буго гьанир ругел гӏалимзабаздехун: Данияловасул гьеб хитӏабги балагьун, гьаб конференциялъул материалалда гьоркьоб лъе гьеб», ан гьарана Ахӏмадовас.\nКонференциялъул хӏасил гьабун кӏалъана ДНЦялъул председатель Хизри Гӏамирханов: «Гьаб ккола гӏицӏго Гӏабдурахӏман Даниялов ракӏалде щун гуребги, цебе нилъеца тараб нухлул хӏисаб гьабизелъунги тӏобитӏулеб тадбир. Данияловас лезгиял рикьизарунин, Самурскияс магӏарулал тӏагӏинарулел рукӏанин абураб пикруялда тӏадчӏей гьабизе лъугьани, нилъ гӏисинлъула. Гьединал жал кӏодо гьарулел гӏадамал рукӏуна яги лъай мукъсанал, яги зарал гьабизе къваригӏарал чагӏи. Жиндирго кӏодолъиялда рекъараб жо гурони чиясги къватӏибе загьир гьабуларо. Гьединлъидал гӏатӏидго балагьизе рачӏа сверухъ лъугьа-бахъунелъухъ».\nЗульфия ХӏАЖИЕВА, («МК в Дагестане», 2013 сон)"}
{"slug": "11982-khialtiichies-khianchiilaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=11982-khialtiichies-khianchiilaro", "title": "Хӏалтӏичӏес хӏанчӏиларо", "date": "2021-04-22 11:09:20", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "2021 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе Россиялъул регионазда 37 сон барал лъималазе социалияб пособие кьеялъул къагӏида хисана. 2020 соналъул риидал, ай пандемиялъул заманалда, лъазабун букӏана пособие кьезе бугин ресукъал хъизамазейилан абун. Июлалъ бихьизабураб пособие январь моцӏалдаса нахъего рикӏкӏун (перерасчетги гьабун) кьунги букӏана. Гьеб кьолаан официалияб харж бачӏунарел яги гьелъул къадар дагьал хъизамазул лъималазе. Официалияб харж щолезул хъизамазул рокъобе бачӏунеб гӏаммаб хайиралъул къадар хъизамалда ругелщиназул къадаралдеги бикьун, гьезул щивасе гӏумру гьабизе бихьизабураб роцадаса цӏикӏкӏун батани, лъимадуе пособие кьолароан. Официалияб гуреб хайирги щолел, кӏикӏи минаги, гӏураб малмулкги бугел хъизамазул лъималазеги кьолаан пособие. Гьеб хӏужаги хӏисабалде босун, 2021 соналдаса нахъе пособие кьеялъул къагӏида хисизабуна.\nКинал хъизамазеха гьеб цӏикӏкӏинабизе бугеб яги лъие кьезе гьечӏеб?\nОфициалияб харж букӏине ккола\n2020 соналда 37 сон барал (8 сон тӏубараб къоялде щвезегӏан) лъималазе бачӏунаан регионалда бугеб гӏумру гьабиялъе хӏажатаб гӏарцул къадаралъул бащдаб бутӏа. 2021 соналъул январалдаса нахъе гьеб кьезе буго гӏумру гьабиялъе хӏажатаб къадаралъул 75100 процент хӏисабалде босун.\nЦӏиял низамазда рекъон, льготниказе щолеб харжалъул гуребги, гьезул бетӏергьанлъиялда бугеб минаялъул, квартираялъул, машинаялъул ва цогидалъулги хӏисаб гьабулеб буго. Гьеб низамалда рекъон, ресукъал хъизамаздаса лъималазе пособие кьолелъул гьезул хъизамалъе кинабгӏаги харж бачӏунгутӏиялъеги гӏиллаби цӏехолел руго. Гьелда рекъон, цоцо хӏалтӏи гьечӏел хъизамаздаса 37 сон барал лъималазе пособие къотӏизабизеги бегьула. Хӏалтӏи гьечӏел ва ресукъал хъизамазул лъималазе пособие кьезе инкар гьабиялъул магӏна щиб?\nГьел ва цогидал суалалги рорхун, нижеца гарачӏвари гьабуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул отделалъул нухмалъулей Ирада Хӏажиевалъулгун.\n-2021 соналдаса нахъе 37 сон барал лъималазе пособие гӏицӏго хӏалтӏулел хъизамазул яги кинаб букӏаниги харж бачӏунел, хайир щолел гӏадамазул лъималазе гурони щвезе гьечӏин бицунеб жо уяб бугищ?\nБачӏунеб харжалъул къадар, хъизамалдаго гьоркьоб бикьун, щивасе гӏумру гьабизе гӏураб къадаралдаса цӏикӏкӏунеб гьечӏони, гьезул 37 сон барал лъималазе пособие кьола. Аслияб жо буго гьев чиясул официалияб харж (доход) букӏин. Гьеб харжалда гъорлъе рикӏкӏуна:\nзахӏматалъулаб яги творческияб пишаялдаса щвараб хайир (авторлъиялъул гонорар ва гь.ц.);\nпредпринимательлъиялъул ишалдаса щвараб хайир, самозанятыязе щвараб хайир;\nпенсия;\nстипендия.\nЖакъа республикаялда цо чиясе гӏумру гьабиялъе хӏажатаблъун бихьизабураб гӏарцул къадар 10628 гъурущ буго. Хъизамалъул доход, тӏатӏалаги рехун, хадуб 12 моцӏалдеги бикьун бачӏараб къадар хъизамалда ругезул къадаралдеги бикьун щивасе 10628 гъурщидаса цӏикӏкӏун бугони, нижеца гьезие инкар гьабула. Гьелъулги хал гьабула пособие щвезе жанибе гӏарза кьуралдаса ункъо моцӏалъ цебе букӏараб лъагӏалил харжги хӏисабалде босун. Масала, исана апрель моцӏалда 37 сон бараб лъимадул эбелалъ яги инсуца пособие щвеялъе гӏарза кьуни, 2019 соналъул октябрь моцӏалдаса нахъе 2020 соналъул ноябралде щвезегӏан хъизамалъего щолеб букӏараб хайиралъул хал гьабула. Гьеб хайир щвезе кколезулъе рикӏкӏуна эбелэмен, гьелгун цадахъ гӏумру гьабун ругел 1823 сон барал лъимал (жидерго хъизан гӏуцӏичӏел). Хъизам хьихьизе кколел эбел ва эмен хӏалтӏунгутӏиялъе гӏиллаги букӏине ккола. Гьелда абула «правила нулевого дохода» абун.\nХӏалхьиялда чӏеялъеги гӏилла цӏехола\n— Кинаб гӏилла рикӏкӏунеб кӏвар бугеблъун?\nХӏалтӏуларел ва кисагӏаги хайир рокъобе бачӏунарел хъизамазул эбелалъул яги инсул гӏарза къабул гьабизе бегьулел гӏиллаби чанго руго. Масала:\nсакъатлъи бугеб лъимада хадуб хъулухъ гьаби;\n80 сонил ригьалда вугев яги сакъатав чиясда хадуб хъулухъ гьаби;\nлъабго моцӏидаса цӏикӏкӏун унтун вукӏин (гьеб документаздалъун тасдикъ гьабун бугони);\nлъабго сон базегӏан лъимада хадуб (эбелалъ яги инсуца) хъулухъ гьаби;\nхӏалтӏи цӏехолеб бакӏалда (ЦЗН) хӏисабалда вукӏин (хӏалтӏи цӏехолезда гьоркьор анлъго моцӏидаса цӏикӏкӏун рукӏинеги бегьуларо);\nэбел гьечӏого инсуца яги эмен гьечӏого эбелалъ жинцаго лъимал хьихьулел рукӏин;\nгӏемерал лъимал (3 ва цӏикӏкӏун) ругеб хъизамалда эбелалъ яги инсуца (цояз) лъималазда хадуб хъулухъ гьабулеб бугони;\nэмен яги эбел туснахъалда рукӏин (эркенлъудаса хадуб лъабго моцӏги хӏисабалде босула);\nармиялда хъулухъ гьаби ва гьелдаса хадуб лъабго моцӏил демобилизация.\nГьединал, инсанасул гӏумруялда хурхарал гӏиллаби ругезул лъималазе пособие кьезе нижеца инкар гьабуларо. Рехсарал гӏиллабазул чангояб бугони ва 10 моцӏидаса цӏикӏкӏун заманалъ гьеб ахӏвалхӏалалда вукӏун ватани, гьесул рокъобе харж бачӏунеб букӏун батичӏониги, гьесул 37 сон бараб лъимадуе пособие кьола. Нижеца инкар гьабула хъизамалъул хӏалтӏизе бажарулев цогӏаги чиясе харж бачӏунеб гьечӏони (нулевой доход). Харж бачӏунгутӏиялъе кӏвар бугеб гӏилла батани кьола гьезул хъизамалъе пособиеги. Пособие щолеб ригьалъул лъимал ругеб хъизамалъул кӏиго яги цӏикӏкӏун квартира, мина ва цогидаб мулк ва бечелъи бугони, гьединаб хъизамалъеги инкар гьабула. Масала, пуланаб хъизамалъул кӏиго квартира бугони, гьезул квадратура хъизамалъул щивав чи рикӏкӏун 24 квадратияб метралдаса цӏикӏкӏун батани, гьединазеги пособие кьезе инкар гьабула. Кӏиго мина бугони, масала, цояб мина пособие щвезе гӏарац кьурав чиясда тӏад бугони, цогидаб минаялъулъги гьесул бутӏа бугони, живго бетӏергьанаб минаялъулги, гьесул бутӏа гъорлъ бугеб минаялъулги квадратура тӏатӏала жубан, хъизамалъул щивав вакиласе 40 квадратияб метралдаса цӏикӏкӏун кколеб бугони, гьезиеги пособие кьоларо.\nМулкракь гуребги, цогидаб хьвадулеб мулк кӏиго яги цӏикӏкӏун бугониги, гьев чи рес бугевлъун рикӏкӏуна ва гьединазул лъималазеги пособие кьезе инкар гьабула. 250 чол къуваталъул машина бугеб хъизамалъе инкар гьабула, амма гьеб хъизамалда лъабго яги цӏикӏкӏун лъимал ратани, гьединазул гӏарза къабул гьабула.\nРес бугезул лъималазе кьолеб гьечӏо\n-Цебеккун пособие бачӏунел рукӏарал хъизамазул вакилзабазе харж бачӏунгутӏиялъе тӏадехун дуца рехсарал кӏвар бугел гӏиллаби гьечӏони, гьезие пособие гьоркьобищ къотӏизабулеб?\nГӏарза кьураб къоялдаса нахъе лъагӏел сверизегӏан бачӏуна лъималазе пособие. Лъагӏел индал, цӏияб гӏарзаги кьезе ккола. Харж бачӏунгутӏиялъе кӏвар бугеб гӏиллаги гьечӏеб яги малмулк цӏикӏкӏараб, 2020 соналъул июль моцӏалда гӏарза кьураб хъизамалъе 2021 соналъул июлалде щвезегӏан бачӏине буго пособие. Гьелдаса хадуб мустахӏикъаб хъизамалъул лъималазе гурони кьезе гьечӏо пособие.\nПособие кинал хъизамазе цӏикӏкӏинабизе бугеб?\nИсана регионалда лъималазе гӏумру гьабиялъе гӏураблъун рикӏкӏуна 10753 гъурущ. Гьелъул бащалъи, ай 5378 гъурущгун 50 капек бачӏуна, 50 проценталъул къадаралда пособие бихьизабурал хъизамазул лъималазе. Гӏумру гьабиялъе хӏажатаб къадаралдаса дагьаб харж щолел хъизамазе 75 процент кьола. Кӏвар бугеб гӏиллаги букӏун харж бачӏунарел яги гьеб цӏакъго дагьаб къадаралда бачӏунел хъизамазул лъимадуе 100 процент, ай 10753 гъурущ кьола.\n-Анкьго сон бараб лъимадул эбел Мухӏамадова Патӏиматица редакциялде битӏун бачӏана гьадинаб суал: «Гъоркьисала 37 сон барал лъималазе кьолеб пособиялъе хъвараб нижер гӏарза къабул гьабичӏо, нужер ункъо чи вугеб хъизамалъе бачӏунеб харж регионалда гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралдаса цӏикӏкӏараб бугинги абун. Гьебго заманалда дир росги хӏалтӏудаса нахъе витӏана, дие бачӏунеб харжги дагьлъана. Исана дир гӏарза къабул гьабулищ ва нижер харж дагьлъун букӏин хӏисабалдеги босун, цӏияб къагӏидаялда рекъон цӏикӏкӏинабураб къадаралда кьолищ?» абун.\nГьезул лъимадуе пособие кьола гӏарзаги кьун гьеб къабул гьабураб къоялдаса нахъе. Гьезул хъизамалъе бачӏунеб харжалъул къадар ункъидеги бикьун щивасе гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралдаса дагьаб батани хӏукму гьабула 50, 75 яги 100 проценталъул къадаралда кьезеги. Масала, ункъо чи вугеб (эбелэменги кӏиго лъимерги) хъизамалъе моцӏида жаниб 30 000 гъурущ бачӏунеб букӏун батани, гьеб гӏарац бикьула ункъиде. Гьединаб къагӏидаялда хъизамалъул щивав чиясе 7500 гъурущ кколеб буго. Нилъер республикаялда щивав чиясе гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадар 10628 гъурущ кколелъул, мисалалъулъ рехсараб хъизамалъе 37 сон базегӏан лъималазе кьолеб пособие цӏикӏкӏинабула.\n-Цӏикӏкӏараб къадаралда пособие щвезе мустахӏикъал хъизамаз, перерасчет гьабизе гӏарза кидаялде щвезегӏан кьезе бегьулеб?\nТӏоцебесеб апрелалдаса нахъе къабул гьабулел руго пособие цӏикӏкӏинабиялъе гӏарзал. 2021 соналъул ахиралде щвезегӏан къабул гьарула гьел. Масала, 2020 соналъул 15 июналда гӏарза хъван букӏараз, цӏикӏкӏараб къадаралда пособие щвезе бокьани, перерасчет гьабиялъе гӏарза хъвазе ккола июнь моцӏ бакьулъе щвелалде. Тӏоцебесеб гӏарза хъваралдаса лъагӏел сверилалде, цӏияб законалда рекъон, цӏикӏкӏараб къадаралда (75, 100 процент) пособие щвезелъун гӏарза хъваразе перерасчет гьабула 2021 соналъул январь моцӏалдаса нахъе. Кӏочене бегьуларо нужеца гӏарза хъван букӏараб заманалдаса лъагӏел сверарабго цӏияб гӏарза хъвазе кколеб букӏинги. Пособие цӏикӏкӏинабизе мустахӏикъазе гьебги цӏияб гӏарза кьураб къоялдаса нахъе цӏикӏкӏинабун кьола. Гӏарза къабул гьабула МФЦялда, «Госуслуги» сайталъул хасаб кабинеталда яги нижехъе битӏизе бегьула.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "12028-rakul-tiupanshchinal-tiagiaral-guro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12028-rakul-tiupanshchinal-tiagiaral-guro", "title": "РАКЬУЛЪ ТӏУПАНЩИНАЛ ТӏАГӏАРАЛ ГУРО", "date": "2021-04-26 09:21:34", "categories": ["insan"], "text": "Гӏабдурахӏман Данияловасул гӏагарай гӏадан йикӏин жинца гӏадамазда лъазецин толароанин бицана Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей Ругъжаса Чупан Мажидовасул яс Патӏиматица. Живго Чупанги Гъуниб районалъул нухмалъулесдаса байбихьун рохьил магӏишаталъул министрасде щвезегӏан батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏарав чи вуго. Патӏиматил эбел Зада кколаан Гӏабдурахӏман Данияловасул яцгӏал. Даниялов хун анцӏго моцӏидасан гьавурав васасда Гӏабдурахӏман абун цӏарги лъун буго Патӏиматица. Даниялов хвараб соналъ Ругъжав гьавурав 18 васасдаги лъун буго Гӏабдурахӏманил цӏар. Гъоркьехун кьолел руго Гӏабдурахӏманил хӏакъалъулъ Патӏиматил ракӏалдещвеял.\nРАКӏ ХВЕЧӏЕВ ЧИ ВУКӏИНЧӏО\nГӏагарлъиялъе гуребги, росдаего кутакалда къиматав чи вукӏана гьев. Нижер тухумалъулго рекӏел тӏегь тӏуна гьев хведал. Хасго яс Забида йикӏана цӏакъ тату хун. Гӏабдурахӏман хун кӏиго лъагӏел сверилалдего хвана гьесул лъади Хадижаги.\nГӏабдурахӏман вукъизе Авар театралдасан восана Таргъуялде. Мавзолеялде гӏадин бакӏарун гӏаламги букӏана гьениб. Гьенисан лъелго рачӏун, буртинаги тӏаде рехун бачӏунеб гьесул жаназа пединституталда цебе щведал, студентаз накаби чӏвана рахъун нухдегун. Гьеб мехалда байбихьана щенезе цӏадги, щун букӏана бакъги. Цинги хабзалалъ кӏалъазе рагӏи кьуна комсомолалъул хӏалтӏухъан Хӏамид Хӏамидовасе (хадув финансазул министрлъун вукӏарав). Амма гьев васасда кӏвечӏо рагӏи абизе, гӏодана. Гьединго рукӏана цогидалги.\nНижер эмен гӏезегӏан кьварарав чи вукӏана. Гӏабдурахӏман хванин рагӏидал, агьиялда гӏодана гьевцин.\n«ДЯДЯ — БАРХАТНЫЕ РУЧКИ»\nГӏабдурахӏман тӏаде вачӏиндал, нижер эбел гергуби разе лъугьунаан кидаго. Цӏакъ рокьулаан гьесие гьел. Хъутаналдаса бачӏараб бакъвараб нисуги хӏарун, гъорлъе картошкаги жубан гьарулел цӏурачадазда абула нижеца гьедин. Цӏурачадалги росун зама-заманалдаса эбелалъ гьесул рокъоеги йитӏулаан дун.\nЛъималазеги цӏакъ вокьулаан Гӏабдурахӏман – гьев вихьидал, данде екерун унаан дун, гьитӏинай чӏужу. Квасквас гӏадал тамахал кверал рукӏана гьесул. «Дядя — бархатные ручки» абун лъун букӏана дица гьесда цӏар. Амма Хӏажигӏали вачӏунеб мехалда, лъимал гьесдаса тӏурулаан, щайгурелъул, мугӏрул къан, гӏундул кьурун, хӏинкъизарулаан гьес ниж.\nГӏабдурахӏман цо-цо сталинский кительги къварщ-къварщи бахъунел чакмабиги ретӏун вачӏунаан. Лъималазе берцинаб мацӏ бицинеги лъалаан. Дагьал кӏудиязда бикьикьабгӏиялъул таблицаги гьикъулаан.\nГьединлъидал чӏахӏиязеги гӏисиназеги асар гьабулаан Гӏабдурахӏманица. Доб мехалда министрасул хъулухъалда вукӏарав дир эмен Чупангицин чӏолаан лъимер гӏадин гьесухъ балагьун.\nЦо-цо тӏамурги хъвалаан гьес. Бакъан тӏамиларебищин дидаги абулаан. «Къо-лъикӏ, Гъуниб, къо-лъикӏ, Гъуниб» абун, Муи Хӏасановалъул къагӏидаби гьарулей йикӏунаан дун гьитӏинаб мехалда. Гьелдаса цӏакъ кеп щолаан гьесие. Бакъан тӏамилаанинха, Муил гӏадаб жергъен букӏарабаниян абуна дица. Гьеб мехалда гьитӏинаб жергъенги бачӏун букӏана гьес дие.\nКутакалда хӏурмат гьабулаан лъади Хадижалги. Гьелъие гӏоло жинца азбар розабазул цӏезабунин абулаан гьес. Жинцаго хъулухъги гьабулаан гьезие. Цо нухалда школалде росизе розабазул квацӏи кьуна Гӏабдурахӏманица дие. Цинги, кодор ккун гьелгун, дун рокъое щвезавизе вилълъана гьев Родопалъул бульвар къотӏун. Гьесул мина Марковасул къотӏноб, нижераб Буйнакскиясул къотӏноб букӏана. Гьеб мехалда гӏисинал батӏалъи гьечӏого, паркалда шахматал хӏалел чӏахӏиял батӏалъи гьечӏого, Гӏабдурахӏманида данде рачӏунел рихьидал, гӏажаиблъун хутӏана дун. Хасго ракӏалда чӏана кьурарал михъазул чи. Буденный ватилин ккун букӏана дида гьев. Хъара Хъараев вукӏун вуго. Гьедин гӏадамазда гьоркьов вугев чи вукӏана Гӏабдурахӏман.\nХАДИЖА\nХадижал цӏар бахъун букӏаго абилин, гьей кколаан Чӏохъа Муртазагӏали Нахибашевасул яс.\nАра-араб бакӏалдаса Гӏабдурахӏманица духаби рачӏунаан гьелъие. Дир инсуца эбелалъе гьединал сайгъатал гьаруларин, гьелда гӏажаиблъун йикӏунаан дун. Цинги Хадижаца бахъун бачӏана «Красная Москва», эбелалъе босеян. «Каир» абураб духи диеги кьуна. Гьеб мехалда бицун букӏана Хадижаца дие Гӏабдурахӏмангун жал кин данделъаралали. Цӏодорав жоги вугилан, Чӏохъ интернат лъугӏун хадуб, Шураве гӏелму цӏализе витӏула нижер кӏудияй эбелалъ гьев.\nБольницаялдайищ йихьун йикӏараяли, тӏоцее гьений халлъула Гӏабдурахӏманида Хадижа – чини гӏадаб гьумералъул, халатал гъалазул, берцинай гӏолохъанчӏужу. Цинги багьанадуй букӏине, квартӏица жиндирго килищги бухун, гьорораб гьеб бихьизе гьезул рокъове уна гьев. Гьедин жидер кӏиязулго берзул балагьи данде кканин бицунаан гьелъ. Хадуб гьез цоцахъе кагътал хъвалаанила гӏараб мацӏалда. Росулъ мадрасаялда цӏалун лъалеб букӏун буго Гӏабдурахӏманида гьеб. Хадижадаги лъаларищха — бечедаб, цебетӏураб хъизамалдаса ясалда.\nГьединаб машгьураб хъизамалдаса йикӏиналъ бесдалав абун Гӏабдурахӏмание кьелариланги ккун батила, Буйнакскиялдаса Махӏачхъалаялде унеб поездалдеги рахун, лъутаралха гьел кӏиялго Москваялде. Хадуб кӏудияй эбелалъ жиндирго ресалда рекъон, багӏаргьоло, бакъвараб гьан, гӏакдал нах лъун, Москваялде посылкаби ритӏулел рукӏун руго гьезие. Байбихьуда Хадижал хъизан батӏакӏанцӏун чӏун букӏун буго цохӏо йигей яс эбел-инсудаги лъачӏого, лъутун унилан. Амма хадуб бичӏчӏун бугоха гьезда Даниялов щивали.\nДир ригьин гьабулеб мехалда Гӏабдурахӏманица абурабги бицинин. Дир эмен Гъунив райкомалда хӏалтӏулеб мехалда райпоялъул председательлъун вукӏарав Бухтиса Мухӏамад вачӏана васасе дун гьаризе. Воре, воре, жидеца ясал къватӏире кьоларин лъугьана дир эбел. Гьеб мехалда Гӏабдурахӏманица абуна жинца Чӏохъа яс хъамун ячараб мехалда, гьарун рачӏарал Бухтиса чагӏазе кьезе бегьулила ругъеждерил ясги.\nБУЧАЕВАСУЛ БАРКАЛА\nГӏабдурахӏманица дагъистаниязе гьабурабщинаб лъикӏлъиялъул бицине лъугьинаро дун гьаний. Амма Хӏамид Бучаевас (ДГУНХалъул экс-президент – авт.) дие бицараб жо рехсечӏого гӏоларо.\nДанияловас направлениеги кьун, витӏун вугоан гьев Москваялде халкъияб магӏишаталъул институталде цӏализе. Тӏадежоялъе, жиндирго Митхӏад абурав васасул чакмабиги, тӏагъурги, курткаги кьун буго Бучаевасе, Москваялда кутакаб цӏорой букӏунилан. Жаниб Норвегиялъул квасги бугел багьаял жал рукӏун руго гьелги. Гьа, Митхӏад, нилъер гьанир гьединаб кьварараб хасел букӏунарин, букӏани, дуе нахъеги росизе бегьилин гьелилан абун буго гьес васасда. Гьеб киналдаго цадахъ рюкзак цӏун бакъвараб гьанги кьунин, кодоб гӏарацги лъунилан магӏил цӏун бералгун бицана Бучаевас. Бесдалав хӏисабалда гьесие Дагъистаналдасан стипендияцин гьабун букӏун буго Гӏабдурахӏманица.\nДир рекӏелъ къараб жо буго Гӏабдурахӏман хун кӏикъого сон индалги, гьесул гӏумрудул магӏнаги лъачӏого, къиматги гьабичӏого, интернеталдасанги цогидалъусанги хӏапдолел цо-цо нилъерго гӏадамал рукӏин. Яги миллатчилъи, ялъуни лъавукълъи ккола гьеб. Гьединлъидал Гӏабдулатӏип Хӏажиевасе кӏудияб баркала буго Гӏабдурахӏманил рахъалъ киса-кибго кьучӏаб рагӏи абулеб букӏиналъухъ. Гьевги, мунагьал чураял дир эменги (Чупан Мажидов – авт.) Дибир Мухӏамадовги кидаго гьесул хьолбохъ, цадахъ рукӏунаан. Лъабалгоги рукӏана министраллъун.\nМУЗЕЙ\nШагьар бакьулъ бугеб Данияловасул мина я жанир чагӏи гурого, яги музей гьабичӏого, чӏунтизе тун буго. Валлагь, микьго судалде хьвадана дун, гьеб мина нахъе тӏалаб гьабизе къваригӏун. Сагӏид Амировасул заман букӏана доб. Судалъ абуна цебе муниципалияб ясли-ах букӏанила гьениб, гьединлъидал муниципалитеталъухъе тӏад буссинабизе кколилан. Гьанжесел хъулухъчагӏазул гӏадаб хӏатталдаса ун чӏухӏараб минаги гьеб букӏинчӏо. Ругъеждерил цӏулал устарзабаз гьарурал полкабазда лъурал тӏахьазул цӏезабун букӏунаан жанисан.\nДир кӏудияй яц, мунагьал чураяй Даният йикӏана Гӏабдурахӏманил вас Махӏачил лъади. Хӏамзат абун васги вуго гьезул гьабсагӏаталда Москваялда. Амма къисматалъ хъван букӏун гьечӏо гьел халатккун цадахъ рукӏине. Ратӏалъун хадув, Махӏач унтана, цинги хвана.\nДир кӏудияй яц, мунагьал чураяй Даният йикӏана Гӏабдурахӏманил вас Махӏачил лъади. Хӏамзат абун васги вуго гьезул гьабсагӏаталда Москваялда. Амма къисматалъ хъван букӏун гьечӏо гьел халатккун цадахъ рукӏине. Ратӏалъун хадув, Махӏач унтана, цинги хвана.\nМахӏачида тӏад букӏана гьеб мина. Гьев хун хадуб гьесул вас Хӏамзатие хутӏизе ккелароанищха гьеб. Гьанже нужер заман анин, щвезе течӏо гьесие гьеб. Гьелъ ракӏги бекун, Москваялда Хӏамзатги чӏана. Магӏарулаз гьанже музейниги гьабизе бегьилаан гьениб. Амма архиваздаса гьелъул документалги тӏагӏинарун руго.\nКЪУН ЩВАРАБ БЕРГЬЕНЛЪИ\nДица цо нухалда классцояв вухун вукӏана. Гьитӏинай гӏаданалда, дида гьесул миллатги-жоги щибха лъалеб. Министрасул ясалъ, магӏарулалъ, жугьутӏазул вас вухун вугилан Данияловасде щвараб кутакаб ахӏи-хӏур бахъана. Гӏабдурахӏманица дида берцинго бичӏчӏизабулеб букӏана дуца гьев Еремеевасда тӏаса лъугьаян абизе кколин, гьел таталги нилъер мадугьалзаби ругин. Гьединлъидал нилъеца жугьутӏаздехун кӏудияб хӏурмат бихьизабизе кколилан.\nРугъеждерилабги гьабун, тӏирун чӏеларищха дунги – гъов мекъав вукӏанин, вихьулеб бакӏалда ватани, цоги нухалда чухӏулин дица гъовилан. Цинги Гӏабдурахӏманица абуна мун жиндие цӏакъ йокьулей ясги йигила, амма мун сабаблъун жинде гӏайиб гьабизехъин бугила. Дуца политический поступок гьабун бугила.\nГьанже ургъана дун, тӏаса лъугьин гьарани, къурайлъун ккеларищ абун. Гьеб мехалда Гӏабдурахӏманица абуна бергьараб къеялдаса къураб бергьенлъиго лъикӏилан. Хадуб рокъоб инсулгунги ккана гьелда тӏасан хабар. Инсуца абуна мун ягъугейила, амма ягъани, къезе чӏогейила.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "12069-kerimovasul-sadak-a", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12069-kerimovasul-sadak-a", "title": "Керимовасул садакъа", "date": "2021-04-29 09:00:01", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хирияб Рамазан моцӏалъ республикаялда гӏумру гьабун ругел аза-азар хъизамазе садакъа гьабизе бугин сенатор Сулейман Керимовасин баян кьуна ДРялъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровас.\nЩибаб хъизамалъе 20000 гъурущ кьезе ракӏалда буго Керимовасда. Гьебги кьезе буго Догъузпара, СулейманСтӏал, Дербент районалъул, Гъуниб районалъул Салтӏа росдал гӏадамазе.\nГьелдаго цадахъ, Х. Абакаровас бицухъе, С. Керимовас садакъа гьабизе тӏаде босун буго захӏматго унтарал лъимал ругеб 50 хъизамалъеги.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12070-unk-go-ministrgun-tsadakh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12070-unk-go-ministrgun-tsadakh", "title": "Ункъго министргун цадахъ", "date": "2021-04-29 09:19:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "24 апрелалда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов щвана Шамил районалде. Республикаялъул мугӏрузул районалде хӏалтӏул рахъалъ гьабураб тӏоцебесеб сапар ккола премьерасул гьеб.\nГьаб нухалда премьерасда цадахъ рукӏана Нухазул, Лъай кьеялъул, Экономикияб цебетӏеялъул ва Сахлъи цӏуниялъул министерствабазул нухмалъулелги.\nВачӏинахъего Гӏ. Гӏамирханов щвана Гьолокье. «100 школа» абураб проекталда рекъон, ремонт гьабураб школа бихьизе ана. Хӏалтӏаби гьарун ругин, амма гьел жеги тӏуранго рагӏаракьанде щун рихьуларин абуна премьер-министрас, гьелъухъ хал-шалги гьабун.\nШколалъе хадурккунги сурсатал цӏикӏкӏинаризе квербакъеян тӏадкъана гьес цадахъ рукӏарал министразда.\nЦинги гьев щвана Къахӏиве ва Гьоор-Хьиндахъе унеб кьодул щиб хӏал бугебали хал гьабизе. Советияб заманалдаго бан букӏараб гьеб биххун ун букӏана 16 марталда. Машинаби хьвадизе квегӏенаб куцалъ, заманалъе лъураб кьо буго гьениб гьабсагӏат. Цӏияб кьо баялъул иш гӏедегӏинабизе ккелинги лъазабуна гьес транспорталъул министрасул ишал тӏуралев Ширухан Хӏажимурадовасда.\nРугъелда росулъги Гӏ. Гӏамирхановас хал гьабуна школа-интернаталъухъ. Щвана киналго классазде, кӏалъана лъималгун. Хал гьабуна спортзалалъухъ, богорукъалъухъ, общежитиялъухъ. Жиндаго халлъарал гӏолел-гӏоларел рахъалги хӏисабалде росун, гьел роцӏинаризе кумек гьабилинги абуна премьерас.\n— Ункъо министрги цадахъ вачун, республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев нижер районалде вачӏин дица рикӏкӏуна кӏудияб лъугьа-бахъинлъун, — ин бицана Шамил районалъул нухмалъулев Хӏасанов Мухӏамадица. — Гьолокье, Ругъелде ва Гьоор-Хьиндахъе щун хадуб, райадминистрациялда данделъиги тӏобитӏана. Щварал бакӏазда рихьарал гӏунгутӏабазул хӏасилги гьабун, гьел тӏуразе квербакъилин абуна Гӏамирхановас.\nНижецаги бицана районалда чара гьечӏого тӏуразе кколел масъалабазул хӏакъалъулъ. Мисала, Тӏасабакълъухъ ва Гӏуриб росабалъ цӏакъ хӏажат руго фельдшеразулгун акушеразул пунктал. Къелеб, Дагъбаш ва Ракьуб росабалъе бухьен гьечӏолъиялъул рахъалъ буго къварилъи. Гӏасаб ва Хӏотода росабалъ гьечӏо ясли-ахазул минаби. Хӏасил-калам, хӏукуматалъул рахъалдаса кумек гьечӏого, нижеда тӏуразе кӏоларел киналго суалал цере лъуна нижеца премьерасда. Баркала буго гьесие нижехъе вачӏине заман батаралъухъ.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12077-chiagoyab-klassika-avar-matsialda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12077-chiagoyab-klassika-avar-matsialda", "title": "«Чӏагояб классика»- авар мацӏалда", "date": "2021-04-29 10:47:02", "categories": ["kultur"], "text": "Ахиралде щвана газеталъ лъазабун букӏараб конкурс. Гьелъул хӏасилал гьаризеги, цоцазда бергьенлъи баркизеги, цӏиял гьудулзабазулгун лъай-хъвай гьабизеги республикаялъул магӏарул районазул ва шагьаразул школазул лъималги, гьезул учительзабиги, улбулги данделъун рукӏана 20 апрелалда газеталъул редакциялде.\nГьединго къецалда гӏахьаллъана чӏахӏиялги. Гӏахьалчагӏаз ракӏалдасан цӏализе кколаан магӏарул хъвадарухъабазул прозаялдаса бутӏаби. Коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналдаги бан, редакциялъ хӏукму гьабун букӏана, гӏахьалчагӏи бачӏинахъего редакциялде ахӏичӏого, цин, проза цӏалулаго, рахъарал видеороликал редакциялде ритӏизе. Битӏараб бицани, тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏулеб тадбирги бугелъул, ургъел ккун букӏана. Ва къецалъе лъазабураб заман лъугӏизе кӏиго-лъабго къо хутӏидал, рачӏана гӏемерисел хӏалтӏабиги. Гьенив гӏахьаллъана 153 цӏалдохъан. Гьезде тӏадеги – чӏахӏиялги (13 гӏахьалчи).\nГьеб къоялъ гӏажаибаб чӏаголъи букӏана цохӏо «Хӏакъикъаталъул» редакциялда гуребги. Анцӏго тӏала бугеб Печаталъул кӏудияб минаялъул азбаралда рагӏулеб букӏана рохарал лъималазул чӏиргъи-хъуйги релъа-рохиги. Гьездаго цадахъ нижехъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана цӏалдохъабазул учительзабиги улбулги.\nМагӏарухъа рачӏарал миллияб партал ретӏарал гьитӏинал магӏарулал рихьидал, рекӏелъе лъугьунеб букӏуна цо хасаб нур, гьез магӏарухъаго цадахъ босун бачӏараб берцинлъи. Гьале дол, миллаталъулги халкъалъулги букӏинеселъул кӏулал кодор ругел хӏикматал жавгьарал. Жакъа гьел кенчӏолел ругел куц рихьаразул гьурмазда гьимиялъул гьин речун букӏана. Гьел лахӏзатаз гьазухъа талихӏ бахъизе кӏолеб къуватгицин букӏун батиларо.\nЩивасе бокьун букӏана жидерго пагьму-гьунар цогидазда бихьизабизе.\nЦӏидасанги нижехъе «гьоболлъухъе» рачӏун рукӏана магӏарул хъвадарухъабазул асаразул героял. Лъималазул хӏаракаталдалъун бихьулеб букӏана къецалда гӏахьаллъизе гьезул бугеб гъира.\nШагьаралъул школазул лъималазги цӏакъ хӏаракат бахъулеб букӏана росдал лъималазда «хадур гъезе». Цо-цоязда гьудулзабиги ратана гьенир.\nБергьаразе ва призеразе кьуна батӏи-батӏиял даражабазул дипломал ва сайгъатал.\nКъецалде рачӏарал гьалбадерида гьоркьор рукӏарал цо-цо гӏахьалчагӏазулгунги гара-чӏвари гьабуна.\nБарин Гӏабдулатӏипова, Хунзахъ районалъул Тӏануси росдал гьоркьохъеб школалъул учитель:\n— Гьаб букӏана цӏакъ берцинаб байрам. Магӏарул мацӏалда тӏобитӏулеб гьаб тадбиралъ диргоцин гъира кколеб букӏана проза рикӏкӏине яхъине. Лъималазул хӏаракаталъги хӏайран гьаюна. Дунгоги тӏоцебесеб нухалда щолей йиго газеталдеги. Гьаниб букӏун буго магӏаруллъиялъул гьитӏинабго тарих. Редакциялъул коридоралъул къадазда чӏван ругел суратаз гӏемераб жоялъул пикру гьабизе кантӏизаюна. Дидаги ракӏалде ккана миллаталъул чӏухӏилъун кколел гьазул хӏакъалъулъ дагьдагьккун цӏалдохъабазеги бицине. Тадбиралъул хӏакъалъулъ абуни, гьелъ пана гьаюна.\n«Хӏакъикъаталде» гьабураб сапаралдаса дун цӏакъ разиго хутӏана. Лъикӏаб темаги ургъун бугоан къецалъе. Гьалгощинал лъимал рохизаризе кӏварал нужее талихӏалъул лахӏзаталги гьимун ратила.\nХатимат Мирзоева, Махӏачхъалаялъул №8 лицелъул авар мацӏалъул учитель:\n— Ракӏалдецин ккун букӏинчӏо дир лъималги гьадигӏанго берцин цере рахъинилан. Вас-васдилаго, хӏадур гьарунги рукӏана. Амма гьез хӏаракат бахъана. Ва гьале ниж жакъасеб байрамалда – лъималаз бицунеб буго рахьдал мацӏалда. Баркала газеталъул киналго хӏалтӏухъабазе гьаб тадбиралъухъ. Мацӏ загӏипго лъалеб букӏаниги, къецалда гӏахьаллъизе бокьарал гӏемер рукӏана. Нижецаги хӏаракат бахъила газеталъ тӏоритӏулелщинал къецазда гӏахьаллъизе.\nЭльмира Жамалова, Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацӏалъул учитель:\n— Цӏакъ лъикӏаб тадбир гӏуцӏун буго газеталъул хӏалтӏухъабаз. Хасго шагьаразул школазул цӏалдохъабазе гьаб лъугьана унго-унгояб байрамлъун.\nЖакъа гьанире рачӏиналдасаги кутакалда рохана. Лъималазул рохиги гьезул букӏун бугеб гъираги бихьидал, нижеегоцин лъикӏаб асар гьабуна. Гьазул пикру гьикъидалги, разиго руго. Цере рахъинеги киназего бокьана. Тӏадеялъулги дагьалъги лъикӏги хӏадурун гӏахьаллъизеги ракӏалде ккана нижеда. Гӏагараб миллаталъул къисматалъул сагӏталлъун кколел нужее лъикӏабщинабги гьарулеб буго нижеца. Даим хӏалтӏулеб хутӏаги нужер хӏикматаб сагӏат.\nГьелъие цо лахӏзаталъцин лъалхъизе заманги гьечӏо.\nПатӏимат Зургьалова, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул авар мацӏалъул учитель:\n— Хӏикмалъизаюна цӏалдохъабазул церерахъиназ. Хасго шагьаралъулазул букӏараб гъира-шавкъалъ. Къец бугилан рагӏарабго, бокьун букӏана гьелда гӏахьаллъизе. Ва дир ракӏбухӏичӏо. Лъималги рази хутӏана. Газеталъул хӏалтӏухъабазеги кӏудияб баркала, чӏахӏиязулги гӏисиназулги ракӏазе гьабгощинаб хинлъи кьурал. Ниж хӏадур руго тӏадеялъул хӏадурлъизеги. Нижецагоги, ай, учительзабазги, гьабила гӏахьаллъи.\nГьеле гьединаб берцинаб тадбиралде сверана авар мацӏалда тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏараб «Чӏагояб классика».\nКӏудияб баркала кьезе бокьун буго къецалда гӏахьаллъаралщинал цӏалдохъабазе ва гьезул учительзабазе. Хьул буго тӏадеялъул тӏобитӏизе буго «Чӏагояб классика» — магӏарул прозаялъул фестивалалда гӏахьаллъулезул къадар дагьабги цӏикӏкӏинилан.\nАсият Гӏабдусаламова, Хунзахъ районалъул Тӏануси росу:\n— «Хӏакъикъат» газеталъулгун бухьен 15 соналъгӏаги буго нижер хъизамалъул. Дир лъималазул харбалги, кучӏдулги ва макъалабиги гӏемер рахъана гьелъул гьурмазда. Гӏахьаллъулаан газеталъ тӏобитӏулеб щибаб конкурсалдаги. Кколаан цересел бакӏалги. Рачӏунаан редакциялдеги. Гьеб киналъулго интерес букӏана ясал Шумайсатие ва Аминатие. Гьезги гӏемер гелулаан нахъе цӏунун ругел кӏудиял вацазул ва яцалъул асарал рахъарал газетазул гьурмал. Гьезулги гъира букӏана къецазда гӏахьаллъизе.\nГьаб къецалъул хӏакъалъулъ цӏалараб къоялдаса нахъе, гьел хӏадурлъизе лъугьана. Цо-цо мехалда сардилъгицин рачӏунаан жидеда текст гьикъейиланги абун. Гьезул рохалие гӏорхъи букӏинчӏо, гьанире ахӏун ругин рагӏараб мехалдаги. Цебесеб сордоялъ кьижизего кьижичӏин абизе бегьила.\nТадбир букӏана жакъа къоялъе цӏакъго хӏажатаб. Гьеб лъималазулги нижерги ракӏазулъ кидаго кӏочонареблъун хутӏана.\nБаркала байрам тӏобитӏиялъулъ гӏахьаллъарал киналго хӏалтӏухъабазе. Дир ясал Шумайсатие ва Аминатие щвана тӏоцебесеб ва кӏиабилеб бакӏал.\nАлипат Хъазанбиева, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул учитель:\n— Гьадинаб творческияб къецалда гӏахьаллъулей йиго тӏоцебесеб нухалда. Гьелъул бицен ккедал, дирго ясазулги ккана гъира. Магӏарул мацӏ лъим гӏадин лъалел гьаз, шагьаралде гочиндал, гӏурус бицун, хасго ясли-ахалда ругьунлъун, магӏарул мацӏалда кӏалъай хьадарлъулеб букӏана. Гьезул гъира бихьидал, диргоги гъира цӏикӏкӏана.\nЦӏикӏкӏарай яс Хӏалимат хӏадур гьаюна. Дунгоги тӏоцебесеб нухалда щолей йиго газеталде. Лъикӏаб асар гьабуна диеги ясалъеги.\nНижер хӏаракатги гӏадада ккечӏо. Хӏалиматиеги щвана шагьаралъул байбихьул классазул лъималазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏ. Хадусел къецазда гӏахьаллъизеги бокьана нижее.\nПарсихӏат Хӏажиева, Хунзахъ районалъул Тӏануси росдал школалъул учитель:\n— Кӏудияб гъира ккана дирги къецалда гӏахьаллъизе. Лъималазеги бокьана. Баркала буго гьезул улбузеги, лъимал хӏадур гьаризе кумек гьабуралъухъ.\nГьалеха щвана Махӏачхъалаялде. Гьанире щвезегӏан чӏезе кӏоларого рукӏана лъимал. Унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбир бихьидал, кутакалда йохана. Жакъа гьадинал тадбирал цӏакъ хӏажат руго лъималазе. Магӏарухъгицин захӏмалъулеб буго рахьдал мацӏалда кучӏдулги харбазул бутӏабиги рекӏехъе лъазаризе. Дагьайги разилъана, дир цӏалдохъаби Нурмухӏамадова Аминатица ва Гӏабдулхаликъов Гӏабдулатӏипица кӏиабилел бакӏал ккведал – гьезул бергьенлъиялъулъ дирги бутӏа бугелъулха. Гьединго баркала кьезе бокьун буго гьезул улбузеги ва гьадинаб гьайбатаб тадбир гӏуцӏаразеги.\nГьеле гьединаб берцинаб тадбиралде сверана авар мацӏалда тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏараб «Чӏагояб классика» къец.\nКӏудияб баркала кьезе бокьун буго къецалда гӏахьаллъарал цӏалдохъабазе ва гьезул учительзабазе. Хьул буго тӏадеялъул тӏобитӏизе бугеб «Чӏагояб классика» — магӏарул прозаялъул фестивалалда гӏахьаллъулезул къадар дагьабги цӏикӏкӏинин абун.\nКонкурсалда гӏахьаллъарал чӏахӏиязда гьоркьор рукӏана миллаталда гьоркьор машгьурал магӏарулалги:\nАвар театралъул гӏолохъанав актер Мухӏамад Дудуев, РГВКялъул журналист Хатимат Мухӏамадова, Россиялъул бищунго лъикӏал учительзабазда гьоркьоб чӏел босарай, Гъизилюрталъул №9 школалъул учитель Сарат Мухӏумаева, ДГПУялъул студент Мухӏамад Манапов. Гьединго гӏахьаллъана учительзабиги.\nЛъабабилеб бакӏ кьуна Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росдал гьоркьохъеб школалъул авар мацӏалъул учитель Патӏимат Камилова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Мухӏамад Манаповасе. Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Сарат Мухӏумаева. Гьеб букӏана «Учительзаби» номинация.\nЦо номинациялда тӏоцебесеб бакӏ щвана Хатимат Мухӏамадовалъе.\nВа ахиралдаги жюриялъул киналго членаз цӏикӏкӏарал баллаги кьун, Гран-При призалъе мустахӏикълъана Мухӏамад Дудуев.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "12080-giibadatishch-yagi-nigimatalishch-khiral-ize-kkolel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12080-giibadatishch-yagi-nigimatalishch-khiral-ize-kkolel", "title": "Гӏибадатищ яги нигӏматалищ хиралъизе кколел?", "date": "2021-04-29 10:54:29", "categories": ["history"], "text": "Гьале нахъа тана хирияб Рамазан моцӏалъул бащалъи. Гьанжего кӏалбиччанкъоялде хӏадурлъизеги байбихьана. Гьеб къоялъ рикьизе росулел нигӏматазул рахъалъги расги къварилъи гьечӏо. Исанасеб кӏалбиччанкъо аваданлъиялъул цӏураб, киналго урхъараблъун букӏинин абураб хьулги буго. Нилъеда кӏочон гьечӏелъул, гъоркьиса Рамазан моцӏалъ мажгиталъул нуцӏбиги рахан, цоцазда кӏалбиччанкъо баркизе ва хабалазде ине гьукъараб пандемиялъул заман.\nЛъикӏал гурел гӏамалаздаса ракӏал рацӏцӏад гьаризе рес кьураб моцӏлъун рикӏкӏуна Рамазан. Кваначӏого чӏунин абун нилъер ракӏал тӏуранго рацӏцӏалъиладай? Моцӏица квандаса инкар гьабунин абун жиндирго напс квегъизе киназухъаго гуро бажарулеб. Гьеб бихьула щибаб соналъ кӏалбиччанкъоялде хира гьарун нигӏматал ричулел базаргабазухъ балагьунги. Ургъунго гӏадин хира гьарулел руго кӏалбиччаялъул байрамалде бищунго хӏажатал нигӏматал. Дагъистаналъул муфтияталъги, щибаб санайил базаргабазде хитӏаб гьабула кӏалбиччанкъоялде кванил нигӏматал хира гьаругеян.\nЦОГО ЖО БИЦУНЕЛ ХУТӏУН РУГО\nИсана Рамазан моцӏ щвелалде Дагъистаналъул муфтияталъул председатель Шамил Гӏалихановас республикаялъул предпринимателазде хитӏаб гьабун букӏана кӏалбиччанкъоялъ гӏадамаз росулел нигӏматазул багьа бахинабичӏого тейин абун. «Хирияб рамазан моцӏалъ щивасул рес буго лъикӏал гӏамалал гьаризе, квешаздаса рикӏкӏалъизе. Щибаб соналда кӏалккун моцӏалъ нигӏматал хира гьарулел рукӏин бихьула нилъеда. Гьелда бан, Дагъистаналъул муфтияталъ гьарулеб буго, ритӏухълъи цӏунеян, багьаби рахинаругеян. Рамазан ккола жинда жанир гьарурал лъикӏал гӏамалазухъ кири цӏикӏкӏинабулеб моцӏ. Рачӏа нилъее кьураб ресалдаса пайда босизе», — ян хъвалеб буго муфтияталъул хитӏабалда.\nРамазан моцӏ бачӏиндал къайи бичулел гӏемерисел тукабаз, кӏалккун моцӏалъул хӏурматалда, багьаби учуз гьаризе ругин лъазабула. Гӏемерисеб мехалда гьелги рукӏуна мебель ва техника бичулел тукаби. Кванил нигӏматазул абуни, гьелъул гӏаксалда, багьа бахинабула.\nСадакъа гьабизе лъикӏаблъун рикӏкӏунеб заманалда гӏумру гьабиялъе бищунго хӏажатал нигӏматал хира гьариялъул магӏна щиб?\nБАГЬАБАЗ ХӏАНЧӏУЛЕБ БУГО\nДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъ гьарурал цӏех-рехазда рекъон, 2021 соналъул апрелалда, Махӏачхъалаялда кванил нигӏматазул гьоркьохъел багьаби гьадинал руго:\nхӏайваналъул гьан (кг) – 348 гъурущ;\nгӏиял гьан – 405 гъурущ;\nгӏанкӏудал гьан – 186 гъурущ;\nбелъараб ва кӏкӏуйдулъ бежараб бакь – 362 ва 465 гъурущ;\nччугӏа – 202 гъурущ; щарил нах – 643 гъурущ;\nсемечкадул нах – 145 гъурущ; маргарин – 153 гъурущ;\nгӏакдал рахь – 84-97 гъурущ;\nханал (10 хоно) — 89 гъурущ;\nчакар — 54 гъурущ;\nчай – 904 гъурущ;\nролъул ханжу — 43 гъурущ;\nпиринчӏ — 59 гъурущ;\nгречка — 87 гъурущ;\nмакаронал — 90 гъурущ;\nкартошка — 37 гъурущ;\nхъапустӏан — 20 гъурущ;\nпер — 26 гъурущ;\nламадур — 40 гъурущ;\nохцер — 151 гъурущ;\nпомидор — 146 гъурущ.\nДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъ гьарурал цӏех-рехазда рекъон, ахирал анкьазда нигӏматазул багьаби рахана: чадихъ — 3,4 проценталъ, гӏиял гьаналъухъ — 1,4 проценталъ, хӏарараб чакаралъухъ — 1,4 проценталъ, гречкаялъухъ — 1,2 проценталъ, ханазухъ — 0,8 проценталъ, охцералъухъ — 9,2 проценталъ, ламадуралъухъ — 1,3 проценталъ, хъапустӏаналъухъ — 0,6 проценталъ.\nСтатистика гьединаб бугониги, базаразда бугеб хӏал дагьаб батӏиябги буго. Масала, тахшагьаралъул базаразда гӏиял гьанал килоялъул багьа 420-460 гъурущ буго, хӏайваналъул гьанал кило – 330-360 гъурущ, гӏанкӏудал гьанал кило – 170-200 гъурущ, ханал (30) — 250-270 гъурущ.\nГъизилюрталъул базаралда хӏайваналъул гьанал килоялъул багьа буго 320-340 гъурущ, гӏиял гьан – 450 гъурущ, ханал – 270-300 гъурущ.\nРосабалъ хӏайваналъул гьанал кило босизе бегьула 330 гъурщиде, гӏиял гьан — 350 гъурщиде.\nЦОГИДАЛ БАКӏАЗДА БУГЕБ ХӏАЛ\nГьал къоязда Ингушетия республикаялъул хӏукуматалъ нигӏматал хира гьариялда хадуб хал кколеб хасаб комиссия гӏуцӏана. Рамазан моцӏ байбихьидал гьенибги гӏанкӏудал гьанал, ханазул, хурдузул нахул, чакаралъул, крупабазул ва овощазул багьаби рахун руго.\nИнгушетиялда кванил нигӏма тазул багьаби рахиналъе гӏиллалъун рикӏкӏуна нигӏматал мадугьалихъ ругел регионаздаса ричун росулел рукӏин. Нилъер республикаялдеги ханал, гӏанкӏу, гӏиял яги хӏайваналъул гьан къватӏиса босунищха бачӏунеб? Нилъецаго къватӏибеги бичулеб, республикаялдагоги гӏезабулеб нигӏ маталъул багьа хира гьабиялъул магӏна щиб?\nГъоркьиса Дагъистаналда гӏиял гьанал килоялъул гьоркьохъеб багьа букӏана 350 гъурущ, исана — 420-460 гъурущ, гӏанкӏудал гьанал килоя лъул багьа букӏана 130-140 гъурущ, исана – 170-200 гъурущ, семечкадул нахул литралъул багьа букӏана 100 гъурущ, исана 145 гъурущ. Гьелде тӏадеги кӏалккун моцӏалъги багьаби рахинарулел руго.\nРачӏаха балагьизин аслияб куцалда бусурбабаз гӏумру гьабулел цо-цо пачалихъазда рамазан моцӏалъ кванил нигӏматазул багьабазул рахъалъ щиб хӏал бугебали. Масала, ОАЭялъул Экономикаялъул министерствоялъ лъазабуна Рамазан моцӏалда 30000 кванил нигӏматалъул багьа учуз гьабизе бугин. Улкаялъул 900 дармил централдагун тукабазда кванил нигӏматал 25-75 проценталъ учуз гьаруна. Ханжу, пиринчӏ, чакар, гьан, ччугӏа гӏадал аслиял нигӏматал бищунго гӏодобегӏанаб багьаялде ричулел руго.\nНилъер республикаялда рамазан моцӏалъ кванил нигӏматазул багьаби рахинариялда хадуб халкквей букӏунаро, гӏицӏго даранчагӏазул намусалде тӏамун тола.\nЖидеего бокьухъе багьаби рахинариялда щибха абулеб РФялъул законалъ? «Багьа чӏезабиялъул низам хвезаби» абураб статьяялда рекъон, кьучӏ гьечӏого багьаби рахинаруразде щуазарго гъурщил гӏакӏа къотӏизе рес буго.\nБагьаби рахинаругеян даранчагӏазда гьарани ва хитӏабал гьарун гурони, нилъер базаразда гьединаб иш гьабиги щакаб жо буго.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "12083-dag-istanaldagi-gabulaan-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12083-dag-istanaldagi-gabulaan-kag-at", "title": "Дагъистаналдаги гьабулаан кагъат", "date": "2021-04-29 11:37:58", "categories": ["rel"], "text": "Москваялда, пачалихъияб библиотекаялда, щуабилеб нухалда тӏобитӏана реставраторазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьелда гӏахьаллъиги гьабула библиотекабазул, архивазул хӏалтӏухъабаз ва тарихчагӏаз. Дагъистаналдаса гьеб конференциялда гӏахьаллъана РАНалъул ДФИЦалъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Заира Ибрагьимова. Гьелъ гьениб бицана XVII-XVIII гӏасрабазда Дагъистаналда кагъат гьабулеб букӏараб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ.\nГьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Заира, кина-кинал росабалъ кагъат гьабулеб букӏарабали лъалеб жо бугищ тарихчагӏазда?\n— Гьечӏо. Амма тарихчагӏазул кӏудияб гӏелалъул чагӏи Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадилги Гӏа мирхан Гӏисаевасулги руго кагъат гьабулеб лъамалъи жанибе тӏолеб букӏараб рамка жидеда\nИгьали росдал мажгиталъул тӏохда бихьанин хъварал макъалаби. Игьелдерилгун бухьен гьабидал лъана, мажгиталъуб ремонт гьабулеб мехалда гьеб рамка, кьищни гӏадин, гӏодобе рехун букӏин.\nКӏудияб къадаралда кагъат гьабулел бакӏал рукӏун ратуларо нилъехъ. Гуребани, гьелъул хӏакъалъулъ гьа- рурал хъвай-хъвагӏаял рукӏине кколаан. Гӏемераб кагъат пуланаб бакӏалда гьабулебги букӏун, росабалъа росабалъе, шагьаразде баччулеб букӏанин хъварал бакӏалги ратичӏо архивазда. Жалго тӏахьал хъварал бакӏал рихьизарун рукӏуна мужалатазда (пуланав чияс кинабалиго росулъ гьадинаб заманалда хъварабилан). Гьединлъидал жидеего цо тӏехь бахъизе къваригӏарабгӏанасеб кагъатги гьабун, толеб букӏараб къагӏидаха гӏадамаз гьеб.\nСоветияб заманалда гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рехал гьарулел гӏалимзабиги рукӏинчӏого, Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадицаги Гӏамирхан Гӏисаевасги кӏвар кьечӏого тун батила гьеб. Гьелъул интерес букӏарабани, гьез доб рамка нахъе босилароанищха. Амри Шихсагӏидовасги цогидазги кидаго абулаан гьаб бугила Дагъистаналда гьабураб кагъат, амма гьелда хурхун тӏаде батӏияб-тӏокӏаб жо бицунароан. Гьелда тӏад хӏалтӏи гьабулев чи вукӏинчӏогоха.\nНилъер гӏадамазул гӏадат букӏинчӏо пуланаб ишалда хурхун хъвай-хъвагӏаял гьарулеб. Масала, кигӏан берцинал туртал умумуз рессулел рукӏарал. Амма гьел ки- наб кунал рессулел рукӏаралали, релъине ккани, щиб хӏалтӏизабулеб букӏарабали хъвараб бакӏ гьечӏо. Цогидал регионазда руго гьединал хъвай-хъвагӏаял.\n— Къватӏиса бачӏарабгӏан щвалде щварабги букӏун батиларо нилъер кагъат.\n— Букӏинищха, нилъ гьеб рахъалъ цӏакъго нахъе ккун рукӏана. Дица гӏемер дандеккуна нилъерабги къватӏиса бачӏарабги кагъат. Гӏарабалъа, Персалъа, Туркалъа, гьединго Гӏурусалъа, Европаялдаса кагъат буго дурусаб, хасал ишараби тӏад ругеб, гвангъараб, хъахӏаб кьералъул. Гьезул цо-цоялда гъорлъ чиллайгицин батула. Кагъат лъугьунеб лъамалъиги гьез гӏисинаб маххул сеткаялда тӏаде тӏолеб букӏун буго.\nНилъер кагъат буго бакӏ-бакӏалдаса биццатаб яги тӏеренаб, гараха-раб, гӏадатаб. Канлъуде ккуни, цӏакъ лъикӏ бихьула гьелъул батӏалъи.\nКьерги сурмалъиялде сверараб буго. Гьединго дида ккола нилъераз гьеб кагъат, ххамида (исхъалиялда) гьоркьобги лъун, данде къалеб букӏун батилилан. Гьелда тӏад расал гӏадал жал рихьула гьанжеги. Цо-цо тӏахьазда тӏанчалги батӏа-батӏайиса седон ратана – цокӏалго гурел, цояб гьитӏинаб, цогидаб кӏудияб тӏамачги тӏатӏала лъун. Кагъат гьабулеб лъамалъи жанибе тӏолеб халипалда бараб жо батила гьеб.\n— Нилъер мадугьалихъ ругез гьабулеб букӏанадай кагъат?\n— Букӏинчӏо. Гуржияз, масала, бакъбаккул рахъалъул улкабаздаса бачӏараб кагъат хӏалтӏизабулаан. Хадуб гьез Турциялдаса босизе байбихьана. Европаялдаса баччулеб, Ираналдаги машгьураб кагъат букӏана гьеб. Россиялда кагъат гьабизе байбихьидал, гьенисаги босулаан гуржияз. Эрмениязги гьединго гьабулаан.\nГуржиязул архивазда ратарал баяназда рекъон, добаса-гьаниса босараб кагъат хадубккун жидеего бокьараб куцалда къачӏалеб букӏун буго гьез – батӏи-батӏияб лъамалъиялда гъорлъ лъун, полировка гьабун.\nХас гьабун XVII гӏасруялда нилъер гьаниб кагъат гьаби машгьурлъун батула мадрасаби, мажгитал разе байбихьиялъ, къватӏиса бачӏунеб кагъат дагьлъиялъ. XVII гӏасруялъул байбихьуда Дагъистаналда гӏезегӏан росаби лъугьун рукӏана лъай кьеялъул тӏубарал централлъун. Нилъецаго кагъат гьабизегӏанги Дагъистаналде гьеб, аслияб куцалда, Ираналдасан бачӏунаан. Амма XVI гӏасруялда Россиялдасан Европаялъул кагъат баччизе лъугьана, щайгурелъул Ираналда гьеб мехалда рагъги байбихьун, кагъат гьаби чӏезе тун букӏиндал. XVII-XVIII гӏасрабаздаги язихъаб хӏал букӏана гьезул экономикая лъул. Гьединлъидал нилъер базаргаби кагътида хадур Волга гӏурухъан унаан Россиялде. Амма гьез гьеб бачӏунаан цӏакъго мукъсанаб къадаралда. Гьединлъидал къватӏиса бач- чиялдасаги, кагъат жидецаго гьабуни, учузго чӏезе букӏиналде кантӏана дагъистаниял. Гьелъие гӏоло лъелъги габаниги хӏалтӏизабулеб букӏанин абураб пикру ккана дир. Цо-цо улкабазда басрияб ретӏел-куналъул лъугьараб магъакь-кӏачарги хӏал тӏизабулеб букӏун буго (гьабаз ххенон, гӏисин гьабураб гьеб белъаризабулеб букӏун буго – ред.). Амма Дагъистаналда доб мехалда кагъат гьабизе гӏурабгӏанасеб ретӏел-кун букӏинчӏо.\nГьединго, кагъат гьабулеб лъамалъи лъугьинегӏан нилъер умумуз лъелъ яги габани гӏисин гьабулеб, хӏадурулеб букӏараб куцалъул хъвараб бакӏ гьечӏо. Амма дида ккола кун гьабизе рессарухъабаз габани къачӏалеб букӏараб къагӏида кагъат гьабиялъеги данде кколаанин.\nЭтнографаз гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго. Рессарухъабаз сум яги хьопал-жалги тӏаде рехун, цо гвандиниб анкьица бакъвазабулеб букӏун буго габанидул гӏурччинаб рохти. Цинги гӏурухъа лъим биччалеб букӏун буго гьелда тӏаде. 10-15 къоялдаса гьелдаса тӏеренал рихьал рахъун рачӏинегӏан толеб букӏун буго. Хӏеккараб габани тӏохда бакъвазабун, цинги хӏохьода тӏад бухулеб, яги зурулеб, кӏвекӏулеб букӏун буго.\n— Кидалъагӏандай нилъер умумуз кагъат гьабулеб букӏараб?\n— XVIII гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда гьарурал тӏахьазда гьоркьоб къанагӏат гурони дандчӏвалеб гьечӏо нилъер кагъат. ХӀX гӏасруялда рахъарал тӏахьазулъ абуни дида гьеб тӏубанго халлъичӏо. Гьелдаса хадуб Россиялда кагъатги учузлъун, гьениса баччизе байбихьун батула.\n— Дуца бицана Дагъистаналъул кагътил физикаялъулгун химиялъул анализ гьабун гьечӏилан…\n— Нилъер гьаниб гьеб гьабуларо. Судмедэкспертизаялдегицин ун йикӏана дун гьелъул хӏакъалъулъ бицун. Амма гьанир ругел шартӏазда рекъон жидехъа гьеб бажарула- рин жаваб кьуна гьенибги. Щибаб жоялъул жиндирго хаслъи букӏунарищха. Талихӏалъ, Москваялда дир лъай-хъвай ккана гьединал анализал гьарулел чагӏазулгун. Гьезул кумекалде хьул буго.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "12087-giemerazda-rel-l-arab-va-l-idago-rel-l-inchieb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12087-giemerazda-rel-l-arab-va-l-idago-rel-l-inchieb", "title": "Гӏемеразда релълъараб… ва лъидаго релълъинчӏеб", "date": "2021-04-30 07:05:12", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналда букӏана «Россия — жакъа» абураб федералияб каналалъул ункъо журналистгун операторасдаса гӏуцӏараб къокъа. Гьел ккола Эрик Фонсека, Илья Енин, Эдуард Горборуков, Анна Куропатова. Гьезул мурад букӏана Испаниялъул ва испан мацӏалъул телезрителазе Дагъистаналъул хӏакъалъулъ документалияб фильм (26 минут) хӏадур гьаби. Гьеб мурадгун гьел щвана Гъуниб районалде, Сулахъ къварилъухъе, Кубачиялде, Дербенталде ва данде гьабуна гӏураб материал. Сапаралдаса хадуб нижеца программаялъул автор, каналалъул ведущий, Мексикаялдаса Эрик Фонсе-калгун гара-чӏвариги гьабуна.\n— Эрик, 10-гӏанасеб соналъ мун гӏумру гьабун вуго Москваялда. Кин ккарав Россиялде?\n— Актерлъиялъул махщалие цӏалулев вукӏана Мексикаялда. Кӏиябго улкаялда гьоркьор рукӏарал къотӏи-къоязда рекъон, дун витӏана Москваялде ва лъугӏизабуна Щукинил цӏаралда бугеб училище. Гьеб лъугӏидал цо сериалалда хӏана ва, гьенив вихьун дун, испан мацӏ лъалел хӏалтӏухъаби гӏоларого рукӏун, ахӏана рехсараб каналалде хӏалтӏизе.\n— Мексикаялда вукӏаго, Россиялъул хӏакъалъулъ лъалеб жого букӏанищ?\n— Дир гъира букӏунаан Россиялъул тарих ва жакъасеб гӏумру лъазабизе. Гьединлъидал дагьа-макъаб бугониги, лъалаан. Гӏаммаб куцалда босани, Мексикаялда ругезда цӏакъго мукъсанго гурони лъала- ро Россиялъул хӏакъалъулъ. Дора гӏемер руго Россиялъул хӏакъалъулъ рицунел батӏи-батӏиял харбал, мифал. Гьезул хӏакъикъат баян гьаби буго дир аслияб хӏалтӏиги.\nБайбихьуда гӏезегӏан захӏ матгоги букӏана, хасго мацӏ лъалареб заманалда. Гьанже гӏемерго бигьалъана. Амма гьелда цадахъго букӏана цо масъалаги, ай культурияб. Нилъер буго тӏубанго батӏияб гӏамал-хасият, рукӏарахъин ва цогидабги. Кин батаниги, Россия дие лъугьана кӏиабилеб ватӏанлъун.\n— Хадубккун Мексикаялдайищ яги Россиялдайищ гӏумру гьабизе ракӏалда бугеб?\n— Гьеб суалалъе жаваб кьезе кӏоларо. Дун ругьунлъун вуго Россиялде, дир лъадиги йиго гӏурусай, вуго нижер васги. Гьездаги лъикӏго лъала испан мацӏ. Амма гьанже Мексикаялда гӏумру гьабизе нижее захӏмалъизе буго.\n— Мун щвана 15 батӏияб пачалихъалде, Россиялъул гӏемерал регионазде. Дагъистаналде гьабураб сапаралъ кинаб асар гьабураб?\n— Дида рагӏун букӏана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Амма ракӏалде ккунго букӏинчӏо гьадинаб гьайбатлъи батилин абун. Тамашалъизавуна Сулахъ къварилъиялъ. Хӏакъикъаталдаги гьеб буго тӏабигӏияб хӏикмалъи, балагьун бер гӏорцӏулареб берцинлъи. Гъамсукь росдахъги валагьун гӏемер ургъана сунда релълъарабдай гьеб бугебилан? Дун вачӏана гьадинаб пикруялде: гьеб буго Грециялъул Санторини чӏинкӏиллъиги Турциялъул Каппадокия авалги жубазабун гьабураб гӏадаб тӏабигӏияб памятник. Гьениб дида цебеса инчӏо дирго Ватӏан, тӏабигӏат, гӏадамазул хасияталъулъ буго цоцада релълъин. Гӏадамазул сипаталъулъги буго пархен – мех-мехалда цо-цо чагӏи цӏакъ релълъун рихьула дидаго лъалел мексикаялъулазда. Дидаго лъалел чагӏи ругинги ккун, гьезул квер бачине инехъинцин ватула. Дие цӏакъ бокьула кваназе ва дун гӏажаиблъизе гьавуна нужер кваница, гьелъул гьарзалъиялъ. Хӏасил гьабун абуни, Дагъистан буго цо гӏажаибаб хаслъи жиндилъ бугеб, гӏемеразда релълъараб ва гьебго заманалда лъиданиги релълъинчӏеб, тӏубанго жеги лъалареб, амма бихьичӏого гӏолареб республика.\n— Дуца рехсарал Санторини, Каппадокия гӏадал бакӏазда ругел шартӏал гьечӏо Дагъистаналде рачӏунел туристазе чӏезарун…\n— Битӏараб буго, туристал рачӏине ккани, шартӏал чӏезаризе ккола.\nБихьулеб буго Махӏачхъалаялда гьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабулеб букӏин. Гӏадада биччазе бегьуларо заман. Шартӏал гьечӏониги, масала, Гьамсукье рачӏунел руго гӏемерал туристал. Гьеб лъикӏги буго. Амма жакъа нижеда дандчӏвана цоги хӏужа — къадазда щиб бугониги хъвалел, кьищни гӏодобе реху- лел. Гьеб рахъалъ чӏезабизе ккола къвакӏараб низам. Гьаб кинабго буго нужер миллияб бечелъи ва гьеб цӏунизе ккани, гьабизе ккола кӏудияб хӏалтӏи, гӏуцӏизе ккола хасаб программа. Гурони, бугебги дагь-дагьккун тӏубанго чӏунтизе рес буго.\n— Нужеца гьаниб гьабураб хӏал тӏул тӏалаб букӏине бугищ Испаниялда, Латиназул Америкаялда?\n— Буго. Дихъе гӏемер хъвала Кубаялдаса, Венесуэлаялдаса, Аргентинаялдаса ва цогидалги пачалихъаздаса гӏадамаз. Гьел гъираялда балагьула Россиялъул регионазул хӏакъалъулъ дица хӏадур гьарурал программабазухъ ва ракӏалде ккола жеги цӏикӏкӏараб гъирагун балагьилин дозда лъазего лъалареб Дагъистаналъухъги.\nНижеца цо чанго суал кьуна Анна Куропатовалъеги.\n— Дагъистаналъ кинаб асарха дуе гьабураб, Анна?\n— Нужер гьаниб буго кутакалда берцинаб тӏабигӏат. СШАялда бугеб Гранд-каньоналде дун щвечӏо, амма Сулахъ къварилъиялда бащалъулеб тӏабигӏияб гӏаламат дида кибго бихьичӏо. Кигӏан бицаниги чӏалгӏунаребгӏан бакӏ буго Гъамсукь. Кигӏан ургъаниги, дида лъазе кӏвечӏо кин базе кӏолеб гьал мугӏрузулгун кьурабазул рагӏаллъуда росу, кин гӏадамаз гье- ниб гӏумру гьабулеб букӏарабали. Гьеб буго божизе захӏматаб, тӏабигӏаталъгун инсанасул квералъ гӏуцӏараб гӏажаибаб бакӏ. Гьобол къабул гьавизе нужер бугеб гьунаралъул рагӏун букӏана, гьанже нижедагоги бихьана. Цӏакъ ракӏ рагьарал гӏадамал руго нужер.\n— Дур ракӏ рекъечӏеб, бокьичӏеб жо щибха ккараб?\n— Турист хӏисабалда ячӏун йикӏарайани букӏинеги бегьилаан гьеб рахъалъ абизе жо. Хириял гьалбал хӏисабалда къабулги гьа- рун, лъикӏал шартӏалги чӏезарун, кӏвар бугеб хӏалтӏуда ругеб заманалда дида рихьуларо гьединал жал. Нагагь рихьани, кӏварги кьоларо. Хӏалтӏи лъугӏидал гьаниса нахъе ине йиго цоги нухалда, ай хъизамгун цадахъ, тӏад юссинин абураб хьулгун.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "12191-m-khiazhievasul-khiurmatalda-gidrokompleks", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12191-m-khiazhievasul-khiurmatalda-gidrokompleks", "title": "М. Хӏажиевасул хӏурматалда -Гидрокомплекс", "date": "2021-05-12 08:18:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзал-ракьцоял кӏодо гьариялъул мурадалда, «Къункъраби» абураб сахлъи цӏуниялъул комплексалда рагьулеб буго 1942 соналъул маялда Совет Союзалъул Бахӏарзазул мухъилъ даимлъарав Мухӏамад Хӏажиевасул хӏурматалда гӏуцӏараб ва машгьурав ралъдахъанасул цӏар кьураб гидрокомплекс.\nГидрокомплекс ургъана Москваялъул пачалихъияб университеталъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовасги гьесул ишцоязги. Гьениб рес щвезе буго, гьанже заманалъул цӏирагьиязул кьучӏалда лъел пайдаги хӏалтӏизабулаго, инсанасул сахлъи цӏунизеги хӏухьбахъизеги. Гьенир батӏабатӏаго хӏадурун руго руччабазеги бихьиназеги медицинаялъул тадбирал гьаризе рес кьолел хасал залал. Гӏуцӏун руго лъималазул ракӏгъезабиялъе шартӏалги.\nЦӏияб гидрокомплексалда хӏухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гӏуцӏун ругел шартӏаздаса пайда босизе буго дагъистаниязги цогидал регионаздаса гӏадамазги."}
{"slug": "12195-tsadakh-rek-on-khialtii-asliyab-murad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12195-tsadakh-rek-on-khialtii-asliyab-murad", "title": "Цадахъ рекъон хӏалтӏи – аслияб мурад", "date": "2021-05-12 08:47:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталда тӏобитӏараб дандеруссиналда гӏахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членал, шагӏирзаби, журналистал, магӏарул миллиябгун маданияб автономи ялъул цӏивищарав нухмалъулев Айтемир Сатираев, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул председатель Гӏалиасхӏаб Хархачаев.\nДанделъи рагьана ва нухда бачана Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.\nТадбиралъул аслияб мурадги букӏана цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ бицин.\n— Нилъер мурадги, масъалабиги, гьабулеб хӏалтӏиги руссинаризе ккола цо мурадалде – миллияб мацӏги, маданиятги, адабиятги, гӏадатал-гӏамалалги цӏунизе ва гӏун бачӏунеб гӏелалда гьезул тӏагӏам бичӏчӏизабизе. Гьеб цӏуниялъе гӏоло нилъгун цолъизе ккола Авар театрги. Цадахъ рахъине ккола гӏолилалгун, лъималгун магӏарухъе сапаралъ. Дандчӏвазе ккола магӏарулалгун, гӏенеккизе ккола гьез бицунелъухъ. Гьезухъ гӏенеккизе нилъеда лъачӏони, гьезулгун бухьенги загӏиплъани – гьебги ккола нилъер хӏалтӏул загӏиплъи. Гьелъие планги хӏадур гьабун букӏана. Амма коронавирусалъ квалквалги гьабун, нахъбахъизе ккана. Гьеб цӏи гьабизе ракӏалда буго, — ян бицана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас.\nДагъистаналъул Хъвадарухъаба зул союзалъул председатель Мухӏа мад Ахӏмадовас бицана магӏарул адабияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n— Лъикӏаб хӏал гьечӏо тӏахьал рич- чаялъул тартибалдаги низамалда- ги. Гӏарацги ресги бугевщинав чияс рахъулел руго гъалатӏазулги цӏурал, цохӏого темаялда хъварал тӏахьал. Гьелъ бечелъизе гьечӏо авар адабият. Кечӏ хъвалевщинасда кколеб буго жив шагӏир вугиланги. Жалго бетӏергьанал басмаханабазда риччалел гьел риччагейилан абизе нилъерги ихтияр гьечӏо. Амма гьадин тезеги бегьуларо. Нилъеца хадусел наслабазе кинаб адабият тезе бугеб? Миллионалдаса цӏикӏкӏун къадар бугел магӏарулазе телевидениялда бихьизабураб заманги, дир хӏисабалда, цӏакъго дагьаб буго. Гьелъулги пикру гьабизе заманги некӏого щун буго, — ян абуна гьес.\nМухӏамад Мухӏамадовас бицана авар секциялъ гьабизе бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги.\n— Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъун ккола 47 магӏарул шагӏир ва хъвадарухъан. Гӏуцӏизе буго хасаб план. Гьелда рекъон тӏоритӏизе руго гьезул юбилеялги. Гъоркьиса букӏараб ахӏвал- хӏал сабаблъун тадбирал тӏоритӏизе санагӏалъи ккечӏезулги исана тӏоритӏизе руго. Щвезе руго гьезул гьитӏинаб ватӏаналдеги. Гьединабго тартиб чӏезабизе буго Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялда тӏахьал риччаялъул рахъалъги, — ян абуна М. Мухӏамадовас.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицана рехсараб басмаханаялда хӏалтӏулей йигей магӏарул мацӏалда рахъулел тӏахьазул редактор Гӏайшат Гӏалиевалъги.\nАйтемир Сатираевас бицана автономиялда церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ.\n— Цохӏо гьаниб бицун гьеб тӏубазе гьечӏо, — ян абуна гьес. — Данделъизе ккола хас гьабун гьеб кинабго рукӏалиде ккезабизе. Тӏахьал риччазеги, гьайгьай, букӏина кумек. Амма тӏахьал риччазе ккола мустахӏикъазул. Гьединго щибаб районалда рукӏине ккола автономиялъул вакилзаби, миллаталъул ургъел бугел чагӏи. Гьелги рукӏине ккола районалъул гӏолилазда ва лъималазда гьоркьоб хӏалтӏи гьабулеллъун. Хонжрол, хвалчадул къуваталдасаги цӏикӏкӏараб букӏуна рагӏул къуват. Гьединлъидал нилъеца рахъулел тӏахьазулги букӏине ккола гьединаб къуват. Гӏуцӏизе руго фондал. Гьезул щибалъулги букӏине буго жинди-жиндир мурад. Гьедин гурони хӏалтӏи цебехун билълъунаро.\nКӏалъазе рахъарал шагӏирзабазги бицана къватӏире риччазе ругел тӏахьазулги, риччарал тӏахьал ричиялъул ругел захӏмалъабазулги хӏакъалъулъ. Цо-цояз цӏалана жидерго цӏиял кучӏдулги.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "12226-aviatsiya-dir-giumrudul-magina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12226-aviatsiya-dir-giumrudul-magina", "title": "Авиация-дир гӏумрудул магӏна", "date": "2021-05-18 09:03:02", "categories": ["insan"], "text": "Къасум Нажмудинов (мухӏканго абуни Гӏабдулкъасум Хӏусенов) гьавуна 1933 соналъул 15 маялда Хунзахъ районалъул гьитӏинабго Гъонохъ росулъ Нажмудинилги Зулхӏижатилги хъизамалда. Гӏагараб росдал байбихьул школаги лъугӏизабун, Къасум цӏализе ана Гӏараниб росдал школа-интернаталде.\nГьес ракӏалде щвезабулаан: «12 сон барав чи вукӏана дун. Гьеб заманалда Хунзахъ тӏалъиялда тӏасан роржунаан «ПО-2» тайпаялъул гӏисинал самолетал ва рещтӏунаан Гӏараниб гӏагарлъухъ. Гьел рукӏана агитрорженал. Самолет рещтӏаралъуре рекерулаан гӏадамалги.\nНижги унаан гьелда аскӏоре, хӏинкъадго хъвалаан квер, летчикалин абуни нижеда кколаан аллагьзаби ругилан! Дие кидаго бокьулаан цӏумазул рорженалда хадуб халкквезе: гьезул рорженги релълъунаан самолеталъул рорженалда. Зодове воржине анищ букӏана дир. Гьелъул хӏакъалъулъ хабар гьабуна эбел-инсулгун, амма гьез дихъ гӏинцин тӏамичӏо. Гьезул мурадги тӏубан, дун цӏализе лъугьана Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул институталде. Амма рекӏее хӏалхьи букӏинчӏо ва военкоматалде чанцӏулго хитӏаб гьабуна роржарухъабазул училищеялда цӏализе витӏеянги гьарун. Рагъулав комиссарасин абуни, цӏакъго хӏалакъав вугин ва 162 сантиметралъул гурони халалъи гьечӏинги абун, инкар гьабулаан. Дир тӏирунчӏей бихьидал, ахирги витӏана летчиклъун ярагьунищали хал гьабизе медкомиссиялде. Гьениб гӏунтӏизабизе гӏилла батичӏо ва дун къабул гьавуна. Аслияб жо -эбел-инсуда щибго лъалароан!\nНиж ритӏана Полтава областалде. Доре щведал щаклъизе бачӏана. Училищеялде ниж рачӏинчӏеб мехалда, Дагъистаналдаса рачӏунел курсантазде божилъи гӏоларого букӏун, аскарияз, милициялъул хӏалтӏухъабиги рачун, шагьаралда ралагьулел рукӏун руго ниж. Поездалдаги рекӏун Дагъистаналде тӏад руссине хьулалда рукӏарал ниж ккуна вокзалалда. Нижеца хӏаракат бахъулеб букӏана, ниж роржухъабазул училищеялде рачӏарал курсантал гурин, вацлъиялъул матчалда рукӏарал ва рокъоре тӏад руссунел ругел футболистал ругин абун чӏезабизе. Амма нижер сихӏирлъи бичӏчӏана дозда. Рачана училищеялде ва байбихьана цӏали. Цо чанго соналдасан дица тӏаса бищана истребителазул авиация. Дида цадахъ вачӏун вукӏарав 30 дагъистаниясул щуго чи хутӏана гьенив: цо-цоязул гьунар гӏечӏо рорженазул ишалъе, цо-цоял нахъе ана, теория лъазабун бажаричӏого», — ян.\nУчилищеялда цӏалулаго, Къ. Нажмудинов вукӏана офицерзабазул многоборьеялъул тренерлъунги волейболалъул командаялъул капитанлъунги.\nГьес училище тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна. Кодоб багӏараб дипломгун, лейтенантасул цӏаргун витӏана Москва шагьаралъул рагъулаб округалъул ПВОялъул истребителазул авиациялде. Гьенибги гьес тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна Тӏадегӏанаб рагъулаб училище ва вахъана рагъулав летчик-истребительлъун.\nКъасумил хӏалтӏул цебетӏей данде ккана Никита Хрущевасул реформабигун – авиациялъул аскариял дагьлъизарулел рукӏана гьес. Нажмудинов витӏана Костромаялде, гьенисанги -Ярославлялде. Гьениб кӏиго полковникас -медицинаялъул ва КГБялъул -гьесухъе гъулбасине кьуна пачалихъияб кӏваралъул бицунеб накъиталъул хӏакъалъулъ балъголъи цӏунизе тӏаде босулеб бугин абураб кагъат. Къасумида ракӏалдецин ккечӏо, космосалде воржиналъе хӏадурлъи гьеб букӏин, рагъулал летчиказдацин лъалеб букӏинчӏо, улкаялда гьединаб хӏадурлъи унеб бугеблъи! Гьесда абуна, дуца космосалде воржиналъе хӏадурлъи гьабизе бегьулин ва космосалде боржине бугеб гамил командирлъун вукӏине ресги бугин абун. Гьеб букӏана 1959 сон.\nХадув Къасум ахӏана Москваялде. Байбихьана СССРалъул Рагъулалгун гьаваялъулал къуватазул аслияб госпиталалда сахлъиялъул мухӏканго хал гьабизе. Къасумица ракӏалде щвезабулаан: «Киданиги зигардулароан дун гьаб-доб унтулеб бугин абун, бокьараб къо хӏехьолаан. Гьанибин абуни, рекӏелъ кинабалиго хъуй загьирлъулеб бугин абураб жоги гӏочӏода чӏван, космонавтазул къокъадулъа нахъе витӏана. Хадубги, Хру- щевасул реформабазул хӏасилалда, дида абуна цин вертолет бачине айин, цинги Германиялда (ГДР) хъулухъ гьабизе витӏилин. Дица инкар гьабуна, щайгурелъул байбихьана командирал-начальникал хӏалтӏудаса рахъизе, авиациялде кьаби щвезабу- на. 35 сон барал гӏолохъаби, гьанжего гьанже лъикӏал махщелчагӏилъун рахъарал, ритӏулел рукӏана «граж- данкаялде». Ниж, гӏолохъанал, толел рукӏана, амма дунги дида цадахъ жеги кӏиго летчикги инкар ккун чӏана, гӏантаб жо гьабулеб бугеблъи лъалаго», — ян.\nКъасум тӏад вуссана Махӏачхъалаялде ва хӏалтӏизе лъугьана Махӏачхъалаялъул аэроклубалде летчик-инструкторлъун. Хадуб гьесда тӏад къана звеноялъул коман- дирлъи ва гьарана авиаспорталъул къецазде команда куцайин абун. Витӏана Доналда бугеб Ростовалъул цӏалул централде цӏализеги. Гьелдаса нахъе байбихьана тренерасул захӏматаб хӏалтӏи.\n1965 соналда гьес ригьин гьабуна – лъадилъун ячана мединституталъул студентка, Агъвали росулъа Салихӏат. Гьезие гьаюна кӏиго ясги. Къасумица куцараб летчиказул команда гӏахьаллъана батӏи- батӏиял къецазда, ккуна призалъулал бакӏал. Къасумги гьесул лъабго цӏалдохъанги росана СССРалъул командаялде ва гьев вищана Совет Союзалъул тӏаса бищараб командаялъул тренерлъун. «1963 соналда унаан сборазде, цадахъго вукӏана Махӏачхъалаялъул аэроклубалъул начальниклъунги, тренерлъунги, спортсменлъунги. Махӏачхъалаялда вукӏинчӏо я квалквалалъе, я кумекалъе, я гӏакълу кьезе чи – сундулго пикру гьабизе кколаан дицаго. Къокъаб заманалда жаниб Дагъистаналъул командаялъ босана Россиялда тӏоцебесеб бакӏ», — ан бицуна Къасумица.\nНажмудиновасул нухмалъиялда гъоркь летчиказул командаби гӏахьаллъана Европаялъулгун дунялалъул 18 чемпионаталда. Бихьиназда гьоркьосел къецазда Къасумил ишцоял анлъго нухалда рахъана дунялалъул чемпионаллъун, кӏицӏул ккуна кӏиабилеб бакӏ ва цо нухалда – лъабабилеб бакӏги. 58 соналъ гьес куцарал летчиказда гьоркьор рехсезе бегьула: дунялалъул абсолютияв чемпион Владимир Мартемьянов, дунялалъул анкьцӏул абсолютияй чемпионка Светлана Капанина, дунялалъул чемпионал Светлана Савицкая, Виктор Лецко, Сергей Крикалев, Хӏамиде Хӏусенова, Евгений Фролов, Игорь Егоров, Юрий Ващук, Литваялъул экс-президент Р. Паксас ва цогидалги. Къасумица куцана абсолютияв 12 ва Европаялъул 18 чемпион.\nГьес хъвана щуго тӏехьги. Гьезда гьоркьоса бищунго машгьурлъана «Рыцари пятого океана» абураб.\nГьал къоязда Къасумица кӏодо гьабизе буго гӏумрудул 88 сон тӏубай. Ракӏ-ракӏалъ баркула гьев бахӏарчияв магӏаруласда гьавураб къо! Аллагьас сахлъиялда таги!\nГӏабдулатӏип ХӏАЖИЕВ, тарихиял гӏелмабазул кандидат"}
{"slug": "12265-magiarukh-e-galbal-giemerl-un-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12265-magiarukh-e-galbal-giemerl-un-rugo", "title": "Магӏарухъе гьалбал гӏемерлъун руго", "date": "2021-05-20 07:30:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялде рачӏунел туристазул къадар тӏадеялдаса тӏаде гӏемерлъулеб буго. Гьезие рекӏее гӏолеб буго магӏарухълъиги, гьелъул берцинаб тӏабигӏатги, некӏсиял росабиги, цӏорорал иццалги, миллияб кванил тӏагӏамги. Лъикӏ батаниги, квеш батаниги, пандемияги сабаблъун ккана гьелъие. Къватӏисел пачалихъазул беричал курортазде ругьунлъун рукӏарал, гӏорхъабазда «кӏулал райдал» рокъор хутӏана исанаги гъоркьисаги. Гьединлъидал тӏаса бищана гьез жанисеб туризм ва Кавказалъул гьайбатаб тӏабигӏаталда цӏидасанги бер речӏчӏизабизе бокьарал гӏемерлъана.\nТуризмалда сверухъ гьава-бакъ роцӏцӏунеб букӏин бихьана ва гьелъие лъикӏаб асар гьабунин абизе бегьула республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасеги. Дагьал церегӏан къоязда «Тур в Дагестан» абураб турфирмаялъул генералияв директор, Тӏаса Гъунив гӏумру гьабун вугев Муртазагӏали Мухӏамадовгун дандчӏвана гьев. Тӏубараб къоялъ магӏарухълъиги тирулаго, туризмалда хурхараб темаялда сверухъ гӏемераб жоялъул бицана гьез.\n— Ахӏулгохӏда мемориалияб комплексалда букӏана нижер дандчӏвай. Цӏидасанги Кавказалъул рагъул тарихги, Шамилил заманги ракӏалде щвезабуна. Гьениса ниж ана Салтӏа бугеб чваххукье щвезе, цинги Чӏохъе ва Гъунире. Республикаялда туризм цебетӏолеб букӏиналдаса вохун вуго С. Меликовги, амма гьенирги гӏоларел рахъал ругелъул, гьелъие кӏвараб кумек гьабизе рагӏиги кьуна гьес. Исана гьелъие рес гьечӏо, амма тӏадеялъул республикаялъул бюджеталда, туризмалъе биччалеб гӏарац гьоркьоб лъезе бугин рагӏи кьуна. Къокъго абуни, гӏемер пайдаяб, ракӏрагьараб дандчӏвайги гарачӏвариги букӏана нижер, — ин бицана М. Мухӏамадовас.\nТуризмалда тӏасан Муртазагӏалилгун гьабураб гара-чӏвари нижеца гӏатӏидго кьезе буго газеталъул хадусеб номералда."}
{"slug": "12266-koyalgi-pirinchigi-giankiudal-khanalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12266-koyalgi-pirinchigi-giankiudal-khanalgi", "title": "Кьоялги, пиринчӏги, гӏанкӏудал ханалги", "date": "2021-05-20 07:38:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "19 маялда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас данделъи тӏобитӏана, 2020 соналъул хӏасилал гьариялда тӏасан. Социалиябгун экономикияб рахъалъ лъалаго цебетӏей лъугьанин республикаялдайин абуна премьерас.\nМисалалъе, гъоркьиса 1207 гектаралда цӏиял ахал гӏезаруна. 2,2 нухалъ цӏикӏкӏана ччугӏа кквеялъул къадарги. Гьединго росдал магӏишаталъ гӏезабураб нигӏмат къватӏибе баччиялъул рахъалъги лъикӏал хӏасилал ругин абуна ДРялъул экономикаялъул министр Руслан Гӏалиевасги.\nДармилгун промышленносталъул министр Низам Халиловас бицана оборонаялъул заказал тӏураялъул иш тӏаде ккун букӏанин республикаялъул кӏиго заводалде. Гьел ккола Каспийскиялда бугеб «Дагъдизельги», Гъизляралда бугеб «КЭМЗ» заводги. 5,2 млрд. гъурщиде заказ къабул гьабун буго гьез гъоркьиса. Гьелда чӏечӏого исанаги 500 миллион гъурщиде къотӏи-къай гьабун буго Гъизляралъул заводалъ. Чанго батӏиял масъалабазе хӏалтӏизаризе бегьулел кьоял хӏадур гьаризе тӏаде босун буго КЭМЗалъ.\nРосдал магӏишаталъул министрасул ишал тӏуралев Шарип Шариповас бицана, Тӏолабго Россиялда ракьал лъалъаялъе биччалеб гӏарцул 85 процент республикаялъе щванин абун. Гьелъ рес кьуна республикаялда гӏемераб пиринчӏ гӏезабизеги.\nГьединго министрас бицана гӏанкӏабаз кьолеб нигӏматалдеги хӏажалъи цӏикӏкӏун бугин. Гъоркьиса 58 азарго тонна гӏанкӏудал ва хъазазулгун гургуразул гьанал хӏадур гьабун буго."}
{"slug": "12267-dag-istanal-ul-gii-tiolgorossiyal-ul-vystavkayalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12267-dag-istanal-ul-gii-tiolgorossiyal-ul-vystavkayalda", "title": "Дагъистаналъул гӏи-тӏолгороссиялъул выставкаялда", "date": "2021-05-20 07:42:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Минводы шагьаралда тӏобитӏулеб бугеб тӏолгороссиялъул XХӀ выставкаялда гӏахьаллъулел руго Дагъистаналъул 16 магӏишаталъул гӏияхъабиги.\nГӏияхъанлъи цебетӏезабиялъул мурадалда гӏуцӏараб тадбиралда тӏоритӏулел руго семинаралгун гӏелмиял конференциялги.\nВыставкаялда руго мугӏрузул, гӏандадерил, лезгиязул, гӏаркьухъезул меринос, туш тайпабазул гӏи-цӏцӏани.\nВыставка халат бахъине буго 21 маялде щвезегӏан. Гьеб къоялъ гьаризе руго хӏасилалги."}
{"slug": "12268-khizri-abakarovase-orden", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12268-khizri-abakarovase-orden", "title": "Хизри Абакаровасе-орден", "date": "2021-05-20 07:49:42", "categories": ["barkiyal"], "text": "Улкаялъул президент Владимир Путиница гъулбасги гьабун, республикаялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровасе кьуна «Гьудуллъиялъул Орден». Гӏемерал соназ гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ ва гьесул хӏаракаталъе кьураб мустахӏикъаб къимат ккола гьеб.\nРеспубликаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасги баркана Х. Абакаровасда хӏурматияб шапакъат.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги ракӏ-ракӏалъго баркула Хизри Абакаровасда хӏурматияб шапакъат. Тавпикъ кьеги республикаялъул гӏумруялъулъ лъикӏал лъалкӏал тезе."}
{"slug": "12269-bakhiarzazul-tsiaral-rekiel-gi-tsiunun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12269-bakhiarzazul-tsiaral-rekiel-gi-tsiunun", "title": "Бахӏарзазул цӏарал рекӏелъги цӏунун…", "date": "2021-05-20 07:58:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб шамат къоялъ «Къункъраби» гӏелмиябгун сахлъи цӏуниялъул комплексалда тӏобитӏана Совет Союзалъул Бахӏарчи, дунялалдаго машгьурав ралъдахъан, букъун лъедолеб гамил капитан, Гъуниб районалъул Мохӏоб росулъа Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб гидрокомплекс рагьиялъул тадбир.\nГьелда гӏахьаллъи гьабуна Каспийскиялъул, Северияб ва Чӏегӏер ралъдал флотазул вакилзабаз, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветераназ, республикаялъул хӏукуматалъул жавабиял хӏалтӏухъабаз, М. Хӏажиевасул росдал ва районалъул нухмалъулез, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, цӏалдо хъабаз ва журналистаз.\nГьалбадерие салам кьураб, къо къаб кӏалъай гьабуна «Къункъраби» комплексалъул директор, МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.\nХадуб гьесги хӏурматиял гьалбадерицаги багӏараб чалу къотӏана ва М. Хӏажиевасул хӏурматалда мемориалияб хъарщи рагьана.\nТадбиралда кӏалъазе рахъарал киназго кӏудияб адабалда рехсана Бахӏарчиясул цӏар, ракӏалде щвезаруна гьесул рагъулал гьунарал, абуна нилъер талихӏаб букӏинеселъе гӏоло къеркьарав щивав рагъухъанасул цӏарги цӏадулал ишалги гӏун бачӏунеб гӏелалъул рекӏелъ рукӏине кколилан.\n— Мухӏамад Хӏажиев абадиялъго вукӏине вуго нилъерги хадусел гӏелазулги рекӏелъ. Гьединал чагӏи хӏалтӏана, къеркьана нилъер лъималазул, лъималазулги лъималазул гьайбатаб букӏинеселъе гӏоло. Гьединлъидал нилъер рес буго гьездаса рохизе, чӏухӏизе, — йилан абуна Северияб флоталъул рукъун лъедолел гумузул дивизиялъул командир, контрадмирал Всеволод Хмыровас.\nХадур киналго ана цӏи рагьараб гидрокомплекс бихьизе. Гьанжесеб заманалъул тӏалабазе жаваб кьолеб хӏухьбахъиялъегун сахлъи цӏуниялъе тӏолалго шартӏал гӏуцӏараб лъабго бассейн буго гьениб — руччабазул, бихьиназул ва лъималазул. Гьекъезецин бегьулеб гӏадаб бацӏцӏадаб мугӏрузул лъим бассейназда жаниб букӏаниги, 250 гидронасосги лъун буго лъим бацӏцӏад гьабизе.\nПалхӏасил, нилъерго беразда бихьани гурони божулареб берцинлъиги, чӏурканлъиги, квегӏенлъиги буго Гидрокомплексалда.\nАхиралда рукӏана художествоялъулал хӏаракатчагӏазул церерахъинал.\nЦӏакъ берцинго ана рехсараб тадбир ва гьелъулъ мустахӏикъаб бутӏа букӏана, байбихьудаса ахиралде щвезегӏан гьеб бачарав, Хӏажимурад Мухӏамадовасулги.\nГӏ. ГӏУМАХАН"}
{"slug": "12270-ansaltia-chuyal-tiamuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12270-ansaltia-chuyal-tiamuna", "title": "Ансалтӏа чуял тӏамуна", "date": "2021-05-20 08:00:38", "categories": ["magiarukh"], "text": "Жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, Хелекьуриса Мухӏамадтӏагьир Гӏабдулбасировасул хӏурматалда, 15 маялда Болъихъ районалъул Ансалтӏа тӏобитӏана чуял тӏамиялъул тадбир.\nГьелда гӏахьаллъана ДРялъул физкультураялъулгун спорталъул министр Сажид Сажидовги, Гӏабдулбасировасул гӏагарлъиги, районалъул нухмалъулелги, республикаялдасаго гьалбалги.\nЧуял рукӏана мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса рачӏа ралги.\nЧӏалде щварал чуязул бетӏер гьабазе кьолеб гӏарцул фондалъе биччан букӏана кинабниги 320 азарго гъурущ.\nХӏасилал гьаридал бергьараллъун рикӏкӏана Ансалтӏаса Нажмудин Къурбанхӏажиевасулги, Рамазан Гӏубайдулаевасулги, Щодродаса Гӏали Шагӏбановасулги чуял."}
{"slug": "12271-yubilejgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12271-yubilejgun", "title": "Юбилейгун", "date": "2021-05-20 08:28:10", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьал къоязда 65 сон тӏубана Республикаялъул бетӏарасда цебе бугеб коррупциялде данде къеркьеялъул управлениялъул начальникасул заместитель, халкъалде бищун гӏагарав чиновник, кигӏан тӏадегӏанаб хъулухъалде ваханиги гӏамалхасият хисичӏев, яхӏ-намусалда хӏур хъвазе течӏев, гьитӏиназул адабги кӏудиязул хӏурматги цӏунарав, «Хӏакъикъаталъул» кидагосев гьудул, магӏарул газеталъул коллективалъул божарав гьалмагъ Лъаратӏа районалдаса Гӏалибег Гӏалиевас.\nГьесулги гьесул ишазулги бицинчӏониги лъала щивав чиясда.\nРакӏбацӏцӏадав, ритӏухъав, къварилъи ккаразе кумекалъе вортулев, гӏатӏилъиялда ругезда хьолбохъ ватулев инсан гьев вукӏин дагъистаниязда бихьана ва лъала.\nХалатаб гӏумруги, щулияб сахлъиги, хадубккунги халкъа лъе лъикӏлъи гьабизе къуватги гьарулаго, тӏолалго цӏалдолезул цӏаралдасан «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз ракӏ- ракӏалъ баркула Гӏалибегида балугълъиялде вахин.\nГьарула хӏалтӏулъ икъбал ва талихӏаб гӏумру."}
{"slug": "12274-giiyakh-abaze-darsal-koleb-k-ebel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12274-giiyakh-abaze-darsal-koleb-k-ebel-i", "title": "Гӏияхъабазе дарсал кьолеб къебелъи", "date": "2021-05-20 11:04:03", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Россельхозбанкалъул кумекалдалъун ДРялъул Росдал магӏиша талъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъ республикаялда рагьулеб буго фермеразулаб школа. Фермеразе дарсал кьезе руго Аграрияб университеталда цебе гӏуцӏараб базаялда.\nШколалде рачӏине бегьула гьанжего-гьанже гӏи-боцӏи хьихьизе байбихьаралги церего гьеб ишалде руссун ругелги фермерал. Магӏишат бечед гьабизелъун цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе, агротехнологиялъул тайпаби лъазаризе, гӏарцул суалазда хурхарал документал хӏадур гьаризе ва жеги гӏемераб жоялъе куцазе руго гьенир гӏи-боцӏухъаби.\nЦебе гьединал дарсал кьолеб къебелъи букӏинчӏо Дагъистаналда. Агрономал, зоотехникал, боцӏул тохтурзаби хӏадур гьарулеб росдал магӏишаталъул университет букӏана ва гьанжеги буго. Амма гӏи-боцӏул къадар цӏикӏкӏинабизе ялъуни хур бекьун, гӏака хьихьун, магӏишат цебетӏезабизе малъулеб бакӏ букӏинчӏо.\nБОЦӏУЛ ТОХТУРГИ КЪВАРИГӏУНА, КАГЪАТ-КЪАЛАМГИ ГЬЕЧӏОГО ГӏОЛАРО\nЩибха абулеб бугеб жалго фермераз? Масала, Казбек районалъул Дилималдаса Хӏажи Абубакаровасул буго живго бетӏергьанаб магӏишат, ай гӏиги чӏегӏербоцӏиги. Гьанже гьес гьеб кьун буго васасухъе. Хӏажица бицана гьесие фермеразул школалъул мунпагӏат ккелин.\n— Жакъа кутакалда цебетӏун буго техника. Цебе нилъеда макьилъцин бихьичӏеб тайпаялъул чанго батӏияб алат буго хӏалтӏизабулеб. Гьелъул гӏелму лъалеб бугони, фермерасеги бигьа букӏина магӏишат гьабизе. Гьединлъидал дир васасеги зарал букӏинаро гьединаб школалъул. Нагагь гӏи-боцӏиялъе гьитӏинабниги гъая ккани, ветеринарасда хадув вортизе ккола. Фермерасул школалда гьелъие ругьун гьарулел ратилин ккола дида. Гьеб кутакалда лъикӏаб иш буго.\nКӏиабизе, фермерасул магӏишат бугеб бакӏалда хӏажатав чи ккола бухгалтер. Нусго батӏияб кагътида гъулбасине ккола, тӏаса араб, тӏаде бачӏунеб гӏарцул хӏисаб гьабизеги лъай хӏажалъула. Гьелъиеги куцазе ратила школалда, — ян бицана Хӏ. Абубакаровас.\nЦИВИЛИЗАЦИЯЛЪУЛ ТӏИРИ ЩВЕЧӏЕЛГИ РУГО БАКӏАЛ\nТарумовкаялдаса Хӏусенги ккола фермер. Гьесул пикруялда рекъон, гьединал школал рагьизе кколаан лъеберго соналъ цебего.\n— Тӏилги кодоб ккун, рехъада цевеги чӏун, тӏубалеб хӏал гьечӏо жакъа. Чара гьечӏого хӏажат буго лъай. Компьютералъул кумекалдалъун чан масъала жакъа тӏубазе кӏолеб?\nЦоялдаса цоял гучал технологиялъулал алаталги руго къватӏире риччалел. Гьезул хӏажалъиги буго росдал магӏишаталда, къваригӏун руго гьел хӏалтӏизаризе лъалел гӏолохъаби.\nЧанги фермаби руго магӏарухъ интернет ва ток гьечӏел. Гьел киналго араб гӏасруялъул басриял хутӏелал гӏадин, къабул гьарула жакъа. Гьединал фермабазда цивилизациялъул канлъи чӏвазабизеги гьунар бугел гӏадамал къваригӏуна. Гьелъие куцазе ратула фермеразул школазда.\nУМУМУЗ МАЛЪАРАБ МАГЪИЛ ГӏЕЛМУ\nГъуниб районалъул Гьонодаса Хӏажиев Мухӏамадгӏарипил чанго сон буго гӏи-боцӏуе хъулухъ гьабулелдаса. Щибаб соналъ жамагӏата лъул боцӏиги бачун, риидалил мучӏдузда тӏамула гьес ункъо-щуго моцӏ.\n— Умумуз кини таралдаса нахъе малъана дида гӏиязегун боцӏуе хъулухъ гьабизе кколеб къагӏида. Анкьумумуз цебеса цебе кьун, жакъа дихъеги щун буго гӏи-боцӏул гӏелму. Гьанже гьез рагьарал школаз дида малъизе цӏияб жо гьечӏо. Школал рагьулел рукӏинчӏого, нижее кумек гьабулебани, цӏакъ лъикӏаб букӏинаан.\nБацӏцӏадаб нигӏмат гӏезабизе киналго шартӏал ругин гаргадула цо-цо хӏакимзаби, «гургинал сто- лалги» гӏуцӏун. Росдал магӏишат цебетӏеялъе исана гьадигӏан къадаралда гӏарац биччазе бугин, тарихалги рехсола зама-заманалда. Амма кибха бугеб гӏарац?\nГӏадада чӏун рукӏинчӏогойилан хьихьула дицаги цогидазги магӏарухъ гӏакаги, оцги, гӏиги. Амма пайда бугищин абуни, гьечӏо. Хасалоде гьезие кӏалцӏи-хер хӏадурулаго харж гьабулебщинаб гӏарац дида лъала. Махӏниги бигьаго гьечӏо жакъа боцӏухъабазе. Гьединлъидал гьеб школалъ хурухъабазеги гӏияхъабазеги кьезесеб жо дида бихьулеб гьечӏо. Нижее гьеб гуро къваригӏун бугеб. Боцӏуе кӏалцӏигун хер дагьаб мухъда щолеб хӏал гьабулебани, гьеб букӏина цӏакъаб иш. Гьеб мехалъ магӏарухъ боцӏиги хьихьула гӏадамаз, нахги бахъула, хӏанги къала, рахьги букӏуна, — ян бицана М.-Гӏ. Хӏажиевас.\nГӏезегӏан гӏетӏги тӏун, гӏезабула жакъа магӏарухъ боцӏиги, рекьула хурзалги. Цӏадалабги гьекъон, бакъулабги хӏехьон, рорхатал мугӏрузда рииги тӏамун, хьихьула гӏи-боцӏи. Хасалоги дагьаб къо гуро бихьулеб гьезие хъулухъ гьабулаго. Гьединаб захӏматги баччулел, росдал магӏишаталъул гӏадамазда квер чӏвани, цӏакъ лъикӏаб букӏинаан.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12279-sistemayal-batiajisan-khialtiize-tiamize-rugo-deputatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12279-sistemayal-batiajisan-khialtiize-tiamize-rugo-deputatal", "title": "«Системаялъ батӏайисан хӏалтӏизе тӏамизе руго депутатал»", "date": "2021-05-20 11:19:56", "categories": ["gara"], "text": "Цебегоялдаса бокьун букӏана Айтемир Сатираевасулгун ритӏучӏазул хӏакъалъулъ бицине. Алмахъалда бугеб гьезул фермаялъул бетӏергьан ккола гьев. Амма гьаб нухалъ политикаялъул хабар цебе ккана. Щайин абуни, Сатираев сентябралда республикаялда рукӏинесел рищиязда гӏахьаллъулев вуго. Гьединго гьев ккола 10 соналъ цебе гӏуцӏараб магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул цӏивищарав нухмалъулевги.\nГьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукӏарав гьесулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Айтемир, «Справедливая Россиялдасан» инчӏого, тӏалъиялдеги гӏагараб, бергьиналда дагьабниги ракӏчӏейги бугеб «Единая Россиялдасан» щай унарев Халкъияб Собраниялде?\n— Камил Давдиевасда цадахъ нилъер гьаниб «Справедливая Россия» партиялъул фракция гӏуцӏарав чи ккола дун.\nАмма байбихьуда дие бокьун букӏинчӏо депутатлъун ине. Дица гьелъие инкарги гьабуна 1991 ва 1995 соназда. Хадуб, 2003 соналда лъуна кандидатура. Амма гьезул технология лъалеб батичӏо. Доб мехалда республикаялда рагӏи билълъарав чияс дида абулеб букӏана Халкъияб Собраниялда жиндир 60 депутат вугин. Мун вукӏинила 61-абилев абун. Жинца бергьинеги гьавилин мунилан. Дица инкар гьабуна.\n— Гьанжелъагӏан рукӏарал рищиязде дандеккун, исана рукӏине ругезул кинаб батӏалъи букӏинин дуда кколеб?\n— Гьанже избирателал хисун руго. Гьезда политика бичӏчӏулеб буго, демократиялъул махӏги чӏван буго. Диваналдаги регун, гӏакъилал жал рицунел рокъор чӏани, жидеего квеш кколеблъи лъалеб буго.\nГьелдаго цадахъ депутаталлъун рахъарал чагӏиги хисизе руго. Щайин абуни, гьанже тӏалабал батӏиял рукӏиналъ, жибго системаялъ тӏамула гьел батӏайиса хӏалтӏизе.\n— Гӏезегӏан лъикӏа-лъикӏал хъулухъазда вукӏана мун. Гьезул киналъ дуе бищунго асар гьабураб?\n— Гьаб лъикӏабин, цогидаб квешабин гьезда гьоркьоб гӏорхъи чӏваларо дица. Щибалъул букӏуна жиндирго хаслъи. Кинаб хъулухъалде кканиги, ракӏ парахалъун, разилъун вукӏунаан дун, щайгурелъул лъиданиги берцин вихьизелъун гурев, унго-унголъунги дихъаго бажарараб куцалда, ракӏ-ракӏалъ хӏалтӏи гӏуцӏизе хӏаракат бахъулаан дица. Суал кьураб мехалда щиб жавабдай кьелаян ургъизе лъугьунел гӏадамал рукӏунарищха. Гьединал чагӏазул мисал бачунев вуго дун. Берцин рихьизе жал ургъичӏого, бачӏинахъего кьезе ккола жаваб.\nАралъул бицун, къварилъахъдизе лъугьин дир пиша гуро. Ана, лъугӏана. Пуланаб заманалда дуца гьабураб ишалдаса рекӏекълъизе кколаро. Гъоб заманалда батӏиял шартӏалги тӏалабалги рукӏанин, гьединлъидал хӏукмуги гьединаб къотӏун букӏанин тола дица. Гьединлъидал пикру гьабизе ккола букӏинеселъул.\nГӏумруялъул хӏалбихьи дие щвана гӏолохъанлъуда, Чӏикӏаб ГЭСалда хӏалтӏизе лъугьиндал. Москваялдасаги цогидал шагьараздасаги махщелчагӏи данделъараб бакӏ букӏана гьеб. Гьениве вачӏун чанго соналдасан дун тӏамуна лъикӏаб хъу лухъалде, лъана гӏадамал. Битӏун гьеб заманалда дие асар гьабураб гьадинаб цо хӏужаги ккана. Дагъистаналъего гӏадин, улкаялъего кӏвар бугел экономикиял ва цогидал тадбирал гӏицӏго Москваялда, Ленинградалда гурони тӏоритӏулароан доб мехалда. Гьединаб цо данделъиялде витӏарав дица, рагӏиги босун, цо-цо чагӏазда тункуледухъ абуна нужеца Дагъистанги Северияб Кавказги рикӏкӏунгутӏийищин гьаб кколеб, нижер республикаялъул суалал гьоркьор лъураб данделъи цо нухалданиги нижер добаги щай гьабуларебилан. Гьеб пикруялда разилъана гӏемерисел, ва 1987 соналда Дубкиялда тӏобитӏана тӏолгосоюзалъул данделъи. Доб мехалда гӏолохъанчи вукӏана дун. Гьелдаса хадуб хӏалтӏизе дилъ жеги гъира бана, гӏезегӏан лъай-хъваялги ккана. Бокьарав нухмалъулесе кутакалда хӏажатаб жо буго гьеб – лъай-хъваял гьари, гӏадамал лъай.\nДубкиялда тӏобитӏараб гьеб данделъиялдаса хадуб республикаялъул тӏалъиялъулги тӏубан батӏияб бербалагьи бижана дидехун.\nТӏаде щвана 1990 сон. Биххун биххичӏого улкаги, нужеего бокьанагӏан суверенитет босеян ахӏдолев Ельцинги вукӏана. Жакъа гьанир, метер дора рагӏулел батӏи-батӏиял, ракӏ гъанцӏизабулел харбалги рукӏана. Тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцунеб букӏана Дагъистаналъулгун чачаназул гӏорхъода ахӏвал-хӏалги.\nГьеб мехалда, ахӏун обкомалдегун, дида абуна мун Алмахъалде хӏайваназул совхозалъул директорлъун витӏулев вугилан. Вахӏ, кинаб директорлъи дица гьабулебин, инкар ккун чӏана дун. Цинги ахӏана Дагъи- станалъул обкомалъул кӏиабилев секретарь Коробейниковас.\nХӏайваназул совхозалъе нухмалъи гьабизе ккани, дун гьелдаса дагьав рикӏкӏадав чи вугилан, кӏиабизеги инкар гьабидал, гьеб иш нилъеца росдал магӏишаталъул министрасда тӏад телин, дуца гъоба чачаназулгун гьоркьорлъаби цӏунизе кколин бичӏчӏизабуна Коробейниковас. Гьедин лъабго сордо-къоялдасан дун Алмахъалде вахъана. 1990 соналъул 3 сентябрь букӏана гьеб. Лъагӏалидасан жеги тӏадегӏанаб хъулухъалде, Махӏачхъалаялде вачинин рагӏиги кьун букӏана дие.\nБитӏун лъагӏалидасан, 1991 соналъул 5 сентябралда дир нуцӏида кӏетӏана росдал гӏолохъаби, Дудаевасул къокъа Ленинаулалда чӏун бугин, къватӏиве вахъаян. Гьеб мехалда росулъ лъазабуна гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалъул низам. Кутакалда хӏинкъараб хӏал лъугьун букӏана гьениб. Гьелъие гӏоло 24 сентябралда Дилималде рачӏун рукӏана республикаялъул тӏалъиялдасаги Москваялдасаги вакилзаби. РФялъул Верховный Советалъул председатель Руслан Хасбулатовги вукӏана гьенив. Кигӏан бицаниги, цо пикруялде рачӏунел рукӏинчӏо данделъарал. Гьоркьоб лъун букӏана чачаназ дагӏба балеб ракьул суал (репрессиязде ккарал гӏадамал ритӏухъ гьариялда хурхараб законалде мугъчӏвайги гьабун, чачаназ ракьал тӏад руссинаризе лъугьараб мех букӏана гьеб – авт.). Ахиралда дица Хасбулатовасда абуна Ленинаулалда гьавунин дида бугеб гӏайиб щибилан. Россиялъул законал какизе дуе ихтияр лъица кьурабилан хъачӏго кӏалъана гьеб мехалда Хасбулатов. Жидерго ра- кьаздаса зулмуялдалъун гочина- рун, цӏияб бакӏалде рахъинарурал гӏадамазул ихтияралги хӏисабалде росичӏого къабул гьабураб закон бугин гьебилан бичӏчӏизабуна дица Хасбулатовасда. Хадув гӏодовеги виччан, депортациялда рукӏарал чачаназда бихьараб гӏакъубаялъул хӏакъалъулъ гьесги бицана. Цинги данделъиялда хӏукму гьабуна депортациялда рукӏарал киналго халкъазул ихтиярал цӏунизе закон бахъизе кколин абураб суал лъезелъун Думаялде хасаб делегация битӏизе. Ана. Амма жакъа къоялде щвезегӏанги гьеб суал рагӏалде бахъинабун гьечӏо (Дагъистаналда официалияб куцалда гӏицӏго тумал рикӏкӏун руго депортациялде ккараб халкълъун – авт.).\nЦо рахъалъ, доб мехалда гьединаб законги къабул гьабун, гочинарурал киналго халкъазда тӏад бикьизе гӏолеб букӏун батуларо хӏукуматалъул бюджет. Гьелдаса нахъе байбихьана дир жамгӏияб хӏалтӏиги.\nГьедин раккана киналго миллатазул жамгӏиял багъа-бачариялги. Амма дунго гьезда данде чӏарав чи вукӏана кидаго.\n— Гьанже дуда тӏаде ккана магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъе нухмалъи гьаби…\n— Битӏараб бицани, заман чӏвай гуреб, хас гьабун гьелдаса диего кинабгӏаги хайир щвезе гьечӏолъи хӏакъаб буго.\nАмма гьеб хайир цӏехолев чи дунги гуро. Миллатцоязул дидехун бугеб божилъи ритӏухъ гьабизе ракӏалда буго.\nАнцӏго соналъ цебе Хасавюрталда Бахӏарзазул цӏарал рекӏелъги цӏунун… автономия гӏуцӏулеб мехалда кутакаб ахӏи-хӏур букӏана. Доб мехалда республикаялда букӏараб тӏалъиялъеги разияб жо букӏинчӏо гьеб. Амма Сайгидпаша Гӏумахановас жиндирго къвакӏи бихьизабуна гьеб ишалъулъ. Тӏадчагӏазда лъалеб букӏинчӏо автономия гӏуцӏиялдалъун жидее лъикӏлъийищ, квешлъийищ ккелебали.\nЦо-цоязда ккун батила автономиялъул аслияб мурад рахьдал мацӏгун маданият ва тарих цӏуни бугилан. Гьебги бегьула. Амма гӏицӏго гьелда гӏей гьабун чӏей мекъи букӏина. Нилъеда рихьулел руго тӏаде балагьун гӏиси-бикъинал къасдалин кканиги, къватӏисахун цо-цо гӏадамаз, халкъаз нилъер республикаялда ахӏвал-хӏал хӏабургъинабизе гьарулел ругел хӏаял. Гьединлъидал нилъеца байбихьизе ккола цин нилъерго мина-карт, хадуб миллат, цинги республика цӏунизе.\nГьединго миллаталда гьоркьор рагӏи билълъарал гӏадамалги данде гьарун, автономиялда цебе гӏуцӏизе буго хасаб фонд. Гьениса биччазе бегьула миллаталъе хӏажатаб литература басмаялда бахъизе батаниги, цогидаб мурадалъе батаниги гӏарац. Гьелъие хӏукмуги хасаб комиссиялъ къотӏизе буго. Гурони, цебе квер ккунщинав чиясе гӏарац бикьулеб къагӏида букӏине гьечӏо.\nГьединго фондалдасан кумек гьабизе бажаруларел суалал ккани, автономиялъул цӏаралдасан хитӏабал гьаризе бегьула хӏукуматалъул идарабазде. Гьезги сурсатал риччалелъул батӏи-батӏиял проектазе.\nЦокӏалаб куцалда, киназего кумек щолеб куцалда хӏалтӏи гӏуцӏизе кумекалъе шагьаразда ва магӏарул районазда тезе руго автономиялъул вакилзабиги.\nАхираб заманалда магӏишаталда хадур лъугьун, гӏезегӏан рахъал кӏвар кьечӏого хутӏун руго нилъер – лъимал умумузул тарбиялда куцай, хъизан-рукъалъул, росаби чӏунтизе риччангутӏиялъул ва цогидалги гӏемерал кӏвар бугел суалал. Цебе росабалъ рукӏунаан гваял. Гьединго руччабазул советазул букӏана къимат. Гьанже кинабго политикаялдеги рихьдае гьабулеб хӏалтӏудеги сверизабун буго. Миллияб автономиялъул вакилзабаз гьел рахъаздеги кӏвар буссинабизе буго.\nГьединго къо ккаралъуре ритӏизе миллатцоязул къокъабиги гӏуцӏизе руго. Масала, магӏарул цо росулъ цӏа ккани яги лъим кӏанцӏани, МЧСалъулгун дандги бан, хъата-масан гӏолохъаби щай гьенире ритӏизе бегьиларел?\nГьел гурелги, жеги кӏудияб даражаялде бахинабизе къваригӏун буго автономиялъул хӏалтӏи. Масала, гьабсагӏаталда нижеца ракӏарулел руго СНГялъул, къватӏисел улкабазда гӏумру гьабулел магӏарулазул сияхӏал. Цинги тӏоритӏила гьелгун цадахъал тадбирал. Гьелъие гӏоло кватӏичӏого миллияб автономиялъул статус халкъазда гьоркьосеблъун гьабизеги ракӏалда буго.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "12280-gielmuyal-e-kurab-giumru-akademik-khiamzatil-khiazhiyav-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12280-gielmuyal-e-kurab-giumru-akademik-khiamzatil-khiazhiyav-gavuraldasa-95-son-tiubayalde", "title": "Гӏелмуялъе кьураб гӏумру Академик Хӏамзатил Хӏажияв гьавуралдаса 95 сон тӏубаялде", "date": "2021-05-20 11:24:15", "categories": ["insan"], "text": "Хӏажи Хӏамзатов гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Хунзахъ районалъул Цӏада росулъ, халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил хъизамалда. 1943 соналда лъугӏизабуна Гӏараниб росдал школа, 1948 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институт ва 1960 соналда – КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Партиялъул тӏадегӏанаб школалъул журналистикаялъул отделение.\n1949-1952 соназда хӏалтӏана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда бугеб Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Тарихалъулгун мацӏалъул ва адабияталъул институталда, цин лаборантлъун, хадуб – гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун ва гӏелмияв секретарьлъун, 1952- 1957 соназда вукӏана гьебго институталда кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун, КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Дунялалъул адабияталъул институталъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул нухмалъулевлъун. 1962- 1963 соназда вукӏана ИЯЛИялъул гӏелмияв секретарьлъун. 1963-1970 соназда хӏалтӏана ДАССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб Радиовещаниялъулгун телевидениялъул пачалихъияб комитеталъул председательлъун.\n1970 соналда цӏунана «Цӏадаса Хӏамзатил гӏумру ва творчество: революциялда цебесеб заман» абураб темаялда гӏелмабазул кандидатлъиялде диссертация ва 1979 соналда – «Революциялда цебесеб Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб адабият лъугьин» абураб темаялда докторлъиялъе диссертация. 1970-1972 соназда хӏалтӏана ДАССРалъул культураялъул министрлъун ва 1972- 1992 соназда – ИЯЛИялъул директорлъунги 1992-2004 соназда – гьелъулго гӏелмияв нухмалъулевлъунги. 1980-1984 соназда вукӏана ДГПИялъул адабияталъул кафедраялъул профессорлъун.\n1984 соналъул 26 декабралда Хӏажи Хӏамзатов вищана СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул адабияталъулгун мацӏалъул отделениялъул академиклъун. 2000 соналъул 26 маялдаса нахъе вукӏана РАНалъул ДНЦялъул президиумалъул председательлъун ва 1998 соналдаса нахъе – РАНалъул гӏакълучилъун.\nХӏ. Хӏамзатовасул хӏаракаталдалъун ДНЦялъул гӏалимзабазул щулияб бухьен ккана Москваялда бугеб Инжилалъул таржама гьабиялъул институталъулгунги Макс Планкил цӏаралда бугеб Лейпцигалъул Эволюциялъулаб антропологиялъул институталъулгунги. Гьев вукӏана Европаялъул кавказоведазул жамгӏияталъулги, РАНалъул Востоковедазул жамгӏияталъул президиумалъулги, РАНалъул президиумалда цебе бугеб Маданиябгун тӏабигӏияб ирсалъул цӏех-рех гьабиялъулгун гьеб цӏуниялъул рахъалъ советалъулги, РАНалъул тарихалъулгун филологиялъул отделалъул «Ватӏаналъул ва дунялалъул адабиятгун фольклор» абураб Гӏелмияб советалъулги членлъун.\nГьелде тӏадеги гьев вукӏана РФялъул Хъвадарухъабазулги, Журналистазулги ва Театралиял хӏаракатчагӏазулги союзазул членлъунги.\nЦӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Гуманитариябгун маданияб ва лъай кьеялъул жамгӏияб фондалъул председатель, ДРялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Пачалихъияб премиялъул Гӏелмуялъулги, техникаялъулги, адабияталъулги, искусствоялъулги ва архитектураялъулги рахъалъ комиссиялъул член, Херазул советалъулги ДРялъул президентасда цебе бугеб Гӏурус мацӏалъул советалъулги член, Хӏажи Хӏамзатов вукӏана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул «РФялъул халкъазул адабият», «Фольклористика» ва «РФялъул халкъазул мацӏал: Кавказалъул мацӏал» абурал диссертациялъул советазул нухмалъулевлъунги РАНалъул А. Горькиясул цӏаралда бугеб\nДунялалъул адабияталъул институталъул «РФялъул халкъазул адабият» абураб махщелалъул рахъалъ диссертациялъул советалъул членлъунги.\nРоссиялъул Тӏабигӏиял гӏелмабазул академиялъулги Москваялъул авиациялъул институталъулги, Санкт-Петербургалъул Гӏелмабазулгун искусствоялъул Петровская академиялъулги хӏакъикъияв академик, Адигеялъул (Черкесиялъул) Халкъазда гьоркьосеб академиялъулги Гуржиялъул Миллияб академиялъулги къадруяв член Хӏажи Хӏамзатов Аллагьасул къадаралде щвана 2011 соналъул анлъабилеб октябралда. Гьесул букӏана 85 сон."}
{"slug": "12283-asiyat-oz-tiinaeva-geb-bukiana-rekiel-batsitsiadab-niyat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12283-asiyat-oz-tiinaeva-geb-bukiana-rekiel-batsitsiadab-niyat", "title": "Асият Оз (Тӏинаева): «Гьеб букӏана рекӏел бацӏцӏадаб ният»", "date": "2021-05-20 11:41:28", "categories": ["kultur"], "text": "Турциялъул тахшагьар Анкараялда, лъабазарго тиражгун, басмаялда бахъана турк мацӏалде буссинабураб Мухӏамад Хӏамзаевасул «Имам Шамил» абураб тӏехь.\nТурциялда ругел магӏарулазулгун лъай-хъвай бугезда бихьула умумузул ватӏаналде чӏалгӏен гьезул бидулъго букӏин. Кавказалъул рагъул кьогӏлъигун пачаясул низамалъул вахӏшилъи лъан чияр улкаялде гочарал Кавказалъул халкъазул пашманаб къисаги наслабаз цоцахъе кьун цӏунун буго гьез. Чӏухӏигун ва бухӏигун рехсола дунялалъулго тарихалда бахӏарчилъиялъул лъалкӏ тарав Шамил имамасул цӏар, хӏаракат бахъула имамасул кӏодолъи рагьулел ишал гьаризе, тадбирал тӏоритӏизе.\nХӏамзаевасул тӏехьалъул таржама гьабурал рос-лъади Яшар ва Асият Оз руго Турциялъул тахшагьаралда гӏумру гьабулел магӏарулал. Яшар — Анкараялда бугеб магӏарулазул жамгӏияб гӏуцӏиялъул цевехъан, Турциялда ругелщинал дагъистаниязул бухьен щула гьабиялъе хӏаракат бахъулев, Ингишосагун Гӏандиса умумузул вас. Асият — Бакуялъул университеталда филологиялъул лъайги босун, гьенибго гӏелмияб хӏалтӏи цӏунарай Къабакъчолиса магӏарулай. Нилъер гӏемерисезда гьей лъала мацӏазул гӏалимчӏужу Асият Тӏинаева хӏисабалда.\nТӏехь басмаялда бахъизе хӏаракат бахъун буго Яшарил яцалъул вас Кая Волканица, гьелъие редакторлъи гьабун буго Волканил лъади, турк мацӏалъул филолог Кая Амина Делтаца.\nДизайнерлъи гьабун буго магӏарулазул наслуялъул вас Айбэрк Таланица. Гьевги вуго Дагъистаналъул тарих, маданият лъазабизе хӏаракат бахъулев чи.\nТӏехь къватӏибе бачӏин баркизе, лъикӏаб ишалъухъ баркала загьир гьабизе нижеца бухьен гьабуна Асиятилгун.\n— Кавказалъул рагъул, имам Шамилил хӏакъалъулъ турк мацӏалда бахъараб чанги тӏехь батила. Кин бижараб пикру гьеб тӏехьалъул таржама гьабизе?\n— Магӏарул мацӏалда хъвараб исламияб ва цогидаб литература киб батаниги цӏализе бокьула дие. Цо чанго соналъ цебе «Ассалам» газеталъул сайталда батана Хӏамзаевасул «Имам Шамил» тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицен. Дагъистаналдаса вачӏунев гӏагарав чиясда гьарана гьебги цогидалги тӏахьал росеян. Тӏехь цӏалун хадуб нижеего гьабураб асаралъ тӏамуна гьеб турк мацӏалде буссинабизе. Нижер мурад буго гьанир гӏолел магӏарул наслабазе, тӏолалго турказе хӏакъикъат рагьи.\nТелефоналъул номерги тӏалаб гьабун, ахӏана Хӏамзаевасухъе, бицана нижерго пикру. Гьевги разилъана.\n— Захӏмалъанищ?\n— Бицинегӏанасеб захӏмалъи букӏинчӏо, эркенго цӏалулеб мацӏ буго Хӏамзаевасул. Бичӏчӏулареб рагӏуе баян гӏицӏго словаралда ба- лагьун течӏого живго авторасдаги гьикъулаан. Гӏурус мацӏалде буссинабурабги цӏалана дица гьеб тӏехь, гьелъги кумек гьабуна.\n— Кигӏан заманаялъ хӏалтӏарал гьелда тӏад?\n— Цо лъагӏелалъ. Тӏехьалъул таржама гьабун лъугӏидал, дида макьилъ вихьана имам Шамил. Кӏудияб асар гьабуна гьелъ, гӏажаибго рекӏелъ бикӏун хутӏана макьу.\n— Цебеккун гьединаб кӏудияб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабун букӏун батиларо нужеца. Гьединаб ишалъулъ гӏакълучагӏиги хӏажалъула. Басмаялда бахъилалде тӏехь лъида бугониги бихьанищ?\n— Умумуз абухъего, анкьцӏул борцине ккеларищха. Типографиялде кьелалде тӏехь цӏалана Турциялъул хӏукуматалъул хъулухъчи, шагӏир ва хъвадарухъан Ахӏмад Чинарица, Яловаялда бахъулеб «Дагъистан» журналалъул редактор Шигьабудин Озденица, Муш вилаяталдаса лъабго болжалалъ депутатлъун вукӏарав магӏарулав Йылдыз Сахабединица ва турк адабияталъулгун мацӏалъул бичӏчӏи ва лъай бугел нилъер миллатцояз. Жинцаго асарал хъвачӏониги, адабияталъул тарихалъул бичӏчӏи, гьелдехун рокьи буго Яшарилги. Цӏакъго кӏудияб жавабчилъиялда тӏаделъун вукӏана гьев гьеб ишалде.\n— Тӏехь биччаялъе сурсатазул рахъалъ лъица кумек гьабураб?\n— Тӏехь бахъизе гӏарац гьарун ниж лъихъего инчӏо, гьеб букӏана бацӏцӏадаб рекӏел ният. Щибго реццбакъ, цӏар хӏажалъун яги гьелдаса щолеб хайиралде ургъун гьабураб хӏалтӏи гуро гьеб. Шамил имамамасул, Дагъистаналъул тарих Турциялда ругезда лъазаби — гьеб тӏадаб налъилъун бихьула нижеда.\n— Имамасул хӏакъалъулъ рахьдал мацӏалдаса турк мацӏалде буссинабураб тӏехь къватӏибе бачӏин кӏудияб лъугьа-бахъинлъун букӏина Турциялъул магӏарулазе. Гьелъул цебелъей (презентация) киб гьабизе бугеб?\n— Тӏехьалъул цебелъей гьабизе пикру буго, исана риидал тӏобитӏизе хӏисабалде босараб, Дагъистана лъулгун Турциялъул тарихалъул ва маданияталъул симпозиумалъул программаялда гъорлъеги бачун. Пандемиялда бан хутӏана гьеб тад- бир нахъбахъун. Дагъистаналдаса тарихчагӏи, жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулел, хӏукуматалъул хъулухъчагӏи, машгьурал спортсменал ахӏун руго гьенире. Дагъистаналъул культура, искусство рагьулеб махщелчагӏазул выставкаги букӏине буго гьениб.\n— Гьеб тадбиралъул аслияб мурад щиб?\n— Гӏасрабаз цоцалъ рекъон анцӏ-анцӏ миллатаз гӏумру гьабулеб гьайбатаб Дагъистаналъул хӏакъалъулъ Турциялъул халкъалда рагӏизаби, гьелъул бечедаб ва бахӏарчияб тарих, культура бихьизаби. Щибго политика жубараб тадбирги гуро гьеб. Кинаб улкаялда гӏумру гьабун ругониги, нилъер умумузул мацӏ, тарих, маданият цӏуни буго щивасда тӏадаб налъи. Жакъа нилъеца гьеб кӏвар гьечӏого тани, метерисеб къоялъ наслабазе кӏудияб зарал ккола, гьеб битӏизабизе рес букӏунаро.\n— Асият, гьединабго кӏваралъул цоги байбихьараб хӏалтӏи бугищ?\n— Ункъо мацӏ жанибе бачараб (авар-азербайжан-турк-гӏурус) словаралда тӏад хӏалтӏулаго 15 сон буго дир, гьеб рагӏалде бахъинабизе бокьун буго. Кириллица лъазабизе бокьарал магӏарулал гӏемер руго Турциялда. Цо-цояз абула магӏарулазе хасаб алфавит гӏуцӏизе кколин. Гьанже рахъун цӏиял хӏарпал ургъиялъ жеги захӏмалъаби дандчӏвазе руго. Нилъер тарихалъул нахърател аслияб къагӏидаялъ кириллицаялда гьечӏищха. Гьеб алфавит лъазабиялъ рес кьезе буго миллатцоязулгун бухьен щулалъиялъе.\nГара-чӏвари гьабуна Патӏимат ГЬИТӏИНОВАЛЪ."}
{"slug": "12286-untula-raki-ssudula-cherkh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12286-untula-raki-ssudula-cherkh", "title": "Унтула ракӏ, ссудула черх", "date": "2021-05-20 12:01:29", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Сугъралъ росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ана 300-ялдасаги цӏикӏкӏун чи. Гьезул бащдал гурони тӏадги руссинчӏо. Гьабсагӏаталда нилъгун вуго цо ветеран — 97 сонил ригьалде вахарав Хӏажи Гӏинчилов. Гьев рагъде ана 1941 соналда ва тӏад вуссана 1946 соналда. Тӏад вуссун хадув хӏалтӏана жанисел ишазул органазда, прокуратураялда, батӏи-батӏиял магӏишатиял идарабазда. 1971-1985 соназда вукӏана Гъуниб райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун. Пенсиялде аралдаса гӏемерал соназ гьабуна Росдал магӏишаталъул министерствоялъул Ветераназул советалъул председателасул хӏалтӏи. Бергьенлъиялъул къоялдаса хадув гьесухъе гьоболлъухъе щвана дун.\n— Хӏажи, пачалихъалъ ветераназул гьабулеб тӏалабалдаса, кьолеб пенсиялдаса рази вугищ мун?\n— Кутакалда вуго. Гӏунгутӏабиги гӏезегӏан ратила, амма ветераназдехун бугеб бербалагьи тӏадеялдаса тӏаде лъикӏлъулеб буго. Киналъулго хӏисаб гьабун, гьабсагӏаталда дие щола 43 азаргогӏанасеб гъурущ.\n— Гӏолареб жо щибха бугеб?\n— Патӏимат… Патӏимат (Хӏажил хъизан, 6 лъимадул эбел) гьечӏолъи буго квеш ккараб жо. Сахлъиги дир ригьалда рекъараб букӏинаха.\n— Киналго дур ригьцоял-росуцоял, рагъул гӏахьалчагӏиги цереса ун мунго цохӏо хутӏун вукӏиналъ кинал пикраби гьарулел?\n— Гьел ракӏалде щолареб къо букӏунаро. Цере чӏола чӏагоял дозул сипатал, унтула ракӏ, хасго дунго хутӏараб заманалда.\n— Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьун букӏин киб ва кида дуда лъараб?\n— «Чапаев», «Тринадцатый» абурал рагъул кинабазухъ балагьун гурони, рагъ щибжояли жеги лъазе гӏурав чи вукӏинчӏо дун. Амма росулъ рукӏана финазулгун букӏараб рагъда, «Хасан» хӏоралда ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъарал гӏолохъаби. Гӏемер гӏенеккулаан гьез бицунелъухъ, рукӏинесел рагъухъаби хӏисабалда ниж куцалаан школалъул военруказ. Рагъ байбихьарал къояздаго байбихьана росулъа гӏолохъаби армиялде рачине. Гьитӏинго вугин абун вачунарого вукӏун, гьелде щвезегӏан гьеб щиб жоялицин лъаларев дица, гьалмагъас малъун военкоматалде кьуна гӏарза ва дун витӏана Бакуялъул рагъулаб училищеялде.\n— Кидаха бихьараб тӏоцебесеб рагъ, киб лъараб гьелъул «тӏагӏам»?\n— Училищеялъул курсалги лъугӏун, разведкаялъул ротаялъул отделениялъул командир хӏисабалда дун ккана Ингушетиялъул Малгобек шагьаралда аскӏоб унеб букӏараб рагъде. Гьениб лъана гьелъул «тӏагӏамги».\n— Киб дандчӏвараб Бергьенлъиялъул къо?\n— Белоруссиялда вукӏарав дун цӏализе витӏана Москваялде, СССРалда цого-цо букӏараб рагъулабгун финансазулаб училищеялде. Гьеб къоялъ дун вукӏана училищеялъул байрахъалда аскӏов, посталда. Дежурствоялда вукӏаго байбихьана бицун божулареб ахӏихӏур, кьвагьа-гӏанхъи. Вачӏана офицер ва лъазабуна рагъ лъугӏанин, нилъ бергьанин абун. Хадур ниж рачана къватӏире, Багӏараб Майданалде…\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "12378-galagal-tsiadaz-kep-gabuna-magiarukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12378-galagal-tsiadaz-kep-gabuna-magiarukh", "title": "Гьалагал цӏадаз «кеп» гьабуна магӏарухъ", "date": "2021-05-27 16:04:18", "categories": ["magiarukh"], "text": "24-25 маялда мугӏрузул районазде гьалагал чвахунцӏадал ран, гӏемерал росабазе къварилъи ккана. Минабазул къадал риххун, нухал хвезарун, иххаз ахал-хурзал арал хӏужабицин ккана.\nХУНЗАХЪ\nГьалагаб чвахунцӏадалдаса хадуб рахъарал кӏудиял иххаз гӏураб зарал гьабуна 24 маялда Хунзахъ тӏалъиялъе.\n25 маялда бараб цӏадалъ биххизабуна Гьитӏинаб Гьоцӏалъ гӏумру гьабун вугев чиясул мина. Иххица босун ана полициялъул участковыясул инспекторасул транспорт.\nЧвахунцӏадаз кутакаб зарал гьабуна Уздалросу ва Тӏагьада росабазе. Уздалросулъ бугеб школалъеги гьабун буго зарал. Хаслихъе гьединалго цӏадал ран хадуб жанибе лъим кӏанцӏун, чӏабар хисун букӏана гьениб. Гьаб нухалдаги хвезабун буго чӏарбида ккураб ламинат. Аскӏобго цун бугеб Тӏагьада росулъ чанго мина биххун буго. 25 маялда гьенире щвана МЧСалъул вакилзаби.\nГЪУНИБ\n24-25 маялда чвахунцӏадал рана Къорода ва Гьонода росабалъеги. Гьениб гӏадамазул минабазе зарал ккечӏо, амма иххал рахъун, нухазе гӏураб къварилъи гьабуна.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, гьалагал цӏадал рана сверухъ ругел цогидал росабалъги.\nБОЛЪИХЪ ВА ГУМБЕТ\nГьалагал цӏадал рана 25 маялда Болъихъ районалъул Кьохъеги, гьединго Гумбет районалъул росабалъги. Иххаз хвезабуна «БуйнакскЧӏиркъатӏа» шагьранухлул цо бутӏа. 25 маялъул маркӏачӏуде МЧСалъ лъазабуна Ахӏулгохӏде сверулеб бакӏалда бугеб шагьранух заманаялъ къан бугилан.\n24-25 маялда рарал кутакал чвахунцӏадазул хӏасилазда бищунго зарал ккана Унсоколо, Хунзахъ, Гумбет ва Шамил районазе. Цӏадаца хвезарурал шагьранухазе ккараб зарал борцинелъун гьабсагӏат гьенир хӏалтӏулел руго «Дагъавтодор» гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъаби.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12380-koronavirusal-ul-khiak-al-ul-kino", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12380-koronavirusal-ul-khiak-al-ul-kino", "title": "Коронавирусалъул хӏакъалъулъ кино", "date": "2021-05-27 16:23:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 маялда «Россия — моя история» музеялда бихьизабуна «Первая крепость» абураб фильм. Гьеб ккола араб соналъ пандемиялда данде «красная зонаялда» къеркьолел рукӏарал тохтурзабазул хӏакъалъулъ республикаялда бахъараб тӏоцебесеб документалияб кино.\nФильмалъул режиссёр ккола Даниил Черногорцев. Гьединго гьелда гъорлъ гӏахьаллъи гьабуна нилъер республикаялдаса журналист Исрафил Исрафиловасги.\nГӏемерав чи вачӏун вукӏана гьеб къоялъ «Россия — моя история» музеялъул залалде. Киналго сихӏкъотӏун балагьун рукӏана сценаялда рекъезабураб кӏудияб экраналдаса кӏалъалел тохтурзабазухъ. Аслияб къагӏидаялъ гьел рукӏана Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялъул хӏалтӏухъаби ва гьелъул нухмалъулев Хӏажимурад Маллаев. Сабураб, гӏодобе биччараб гьаракьалъ бицунеб букӏана гьез араб соналъ жидедаго бихьараб захӏматалъул хӏакъалъулъ.\nГьеб киналъго кӏудияб асар гьабуна залалда рукӏарал гӏадамазеги. Киноги лъугӏун къватӏире унел гьез цоцазда абулеб букӏана, битӏараб бицани, байбихьудаго къватӏире тӏуризе хӏалакун букӏанила ракӏ. Сценаялда унтуца гӏажиз гьарурал гӏадамазухъги балагьун, гъоркьиса гьеб гӏузруялъ бусаде ккезарун хадуб жидедагоги букӏараб хӏалги цебечӏун, захӏмат букӏанин магӏу кквезеян.\nА. Юсупов"}
{"slug": "12395-insukh-e-vussuneb-sukh-makh-kiochenchio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12395-insukh-e-vussuneb-sukh-makh-kiochenchio", "title": "Инсухъе вуссунеб сухъмахъ кӏоченчӏо", "date": "2021-05-28 12:26:08", "categories": ["gara"], "text": "Лъаратӏа районалъул Кьанада росулъа Султӏан Ибрагьимовасул цӏар рагӏичӏев чи дагъистаниязда гьоркьов къанагӏатги ватиларо. Боксалъул рахъалъ Европаялъул ва дунялалъул призер, 2000 соналъ Сиднеялда тӏобитӏараб Олимпиадаялъул гӏарцул медалалъе мустахӏикълъарав гьев, кӏиго соналдасан ана профессионалияб спорталде. Гьенибги, къокъабго заманалда жаниб, чӏахӏи-чӏахӏиял бергьенлъабиги росун, дунялалдаго машгьурлъана. Амма халатккун заманалъ гьенив чӏезе ракӏалда букӏинчӏогогӏаги батила, 2008 соналъ нахъе ана гьев профессионалияб боксалдаса ва тӏуванго ватӏаналде тӏад вуссана.\nСпорталдаса нахъе унилан тӏуванго «рагӏдукье» унги чӏечӏо Султӏан. Дагъистанияз тӏоритӏулел батӏи-батӏиял дандеруссиназдаги вихьизе бегьула гьев. Амма цогидал гӏадин, цӏакъго цеве кӏанцӏун, гьале дунилан абулеб гӏамалги бихьизабичӏого, сабураб, гӏодобе биччараб гӏумру-яшавалда вуго. Гьабсагӏат гьев ккола «Совет чемпионов» абураб гӏуцӏиялъул вакилги.\nГьединго Султӏаница кандидатура лъун буго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъиялдеги.\nГьал къоязда редакциялде вачӏарав гьесулгун ракӏрагьараб гара-чӏвари ккана нижер. Султӏаница бицана жиндирго лъимерлъиялъул, боксалде вачӏиналъул, Ростов шагьаралда арал гӏолохъанал соназул. Бицана Сиднеялъул Олимпиадаялъул, профессионалияб боксалъул рингалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул, Тайсонилгун букӏараб гьудуллъиялъул, машгьурав Мухӏаммад-Гӏалилгун ккараб тӏоцебесеб ва ахирисеб дандчӏваялъул ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.\nОКЕАН БАХУН ДОВАГИ КВЕШ ВУКӏИНЧӏО, АММА…\n— Ростовалда лъикӏаб магӏишат ги бизнесги букӏанин дурилан бицуна. Амма кинабго гьебги тун, мун ватӏаналде нахъ вуссана. Дур- го магӏишат цебетӏезабизе доба ресал цӏикӏкӏун рукӏинчӏищ?\n— Ростовалда букӏаралдасаги квешаб магӏишат букӏинчӏо дир СШАялдаги. Маями штаталда, океана лъул рагӏалда лъикӏаб минаги рахӏатаб машинаги букӏана. Ресалдаги вукӏана, дие квалквал гьабулев чиги вукӏинчӏо. Амма кин букӏаниги, живго вижараб ракьалде ракӏ цӏалеб буго чиясул. Гьединго ккана дир- ги. Кигӏан лъикӏаб гӏумру къватӏиб букӏаниги, дирго гӏагарлъиялда аскӏове ахӏулев вукӏана ракӏалъ. Гьеб суал цебеги гӏемер кьуна дие. Кинабго рехун тун рокъове вуссине ккани, цӏакъго ватӏан бокьиялъул гӏаламатищила дур гьеб, ялъуни цо- гидаб гӏиллайищин абун. Ватӏан бо- кьи батила, хӏакъикъаталдаги. Ин- суца абураб жоги гӏемераб ракӏалде щолаан: кигӏан гӏемераб рикъзи дуе Аллагьас хъваниги, кинаб- го дуца ракьалдаго толин, цадахъ щибго босуларилан. Гьел рагӏабиги гӏемерал ракӏалде щолаан къватӏив вугеб заманалда. Кигӏан гӏемераб букӏаниги, щай дие гьаб бечелъи, чияр ракьалда бугеб дие гьелдаса щиб рохел нахъа батилебин абураб суалалъ толароан рахӏат. Гьелъ вуссана рокъове. Гьелдаса пашманлъизеги пашманлъичӏо.\nРостовалда вукӏараб мехалъул гьикъулеб бугелъул, цо жоги ракӏалде щвезабилин гьелда хурхараб. Дидаса гӏемерав чиясе кумек щванин абизе бегьула, баркала загьир гьабун, кӏалъан рачӏунаан чангиял. Амма лъие щиб лъикӏлъи гьабун батаниги, гьеб гьабураб къоялъго кӏочон тезе ккола чиясда. Гьеб мисалалда куцарав вуго дицаго дунго. Дол сонал рукӏана цӏакъ хӏалкъарал. Чачаналда рагъ бугеб заман букӏиналъ батила, Кавказалдаса чиясдехун цӏакъ кӏудияб рокьукълъи букӏана улкаялдаго. Жакъаги ракӏалде щола, нилъерин (Дагъистаналдаса) абурав чиясе квартира кквезецин захӏмат букӏана Ростовалда.\nГӏурусасда релълъен-хъвай вукӏиналъ батила, тӏоцеве, пуланаб адресалда рекъон вачӏаравго, дие инкар гьабулароан. Хадуб, дагъи- станияв вукӏин лъайдал, кара-биххун лъугьунаан, гьениса вукӏин лъарабани, вачӏинахъего нахъчӏвазе вукӏанинги абун.\nХӏабургъарал 1990-абилел соназда нилъер ракьцояздехун гьединаб бербалагьи букӏиналъги батила, дагьалъ цебегӏан республикаялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул, гьединго Рухӏияб идараялъул вакилзабигун цадахъ жидеца Росси- ялъул гӏемерал шагьаразде сапарал гьарунин бицана Султӏан Ибрагьимовас. Социалиял гьиназдасанги телевидениялдасанги бицун чӏамураб, нужеца цебечӏезабулеб гӏадаб гуреб, батӏияб, гьобол-гьудулги хири- яб, гӏадамазул адабги гьабулеб ракь кколин Дагъистанилан бицун буго гьез улкаялъул цогидал регионазул гӏадамазда.\nГьединго Султӏан рази вуго республикаялде рачӏунел туристал гӏемер рукӏиналдасаги.\n— Рамазан Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъун вачӏиндал, дур цӏаралда сверухъ чӏаголъи бижана. Мун республикаялъул спорталъул министрлъун вачӏинеги рес букӏанин абулаан. Гьелдаса дуца инкарищ гьабураб?\n— Гӏабдулатӏипов вачӏун гӏемер мех балелдего, гьесул вац Ражаби- ца гьоболлъухъ ахӏана дун Рама- занихъе. Лъикӏаб гӏодобчӏеялдаса хадув цадахъ бильярд хӏазе ахӏана дун бетӏерас. Бильярдалъул столал- да нахъа гӏодоре риччан, гӏемерал суалал дандрана нижеца. Кинабго дандбан хадуб гьес абуна мун хӏажат вугин, дуе бокьараб хъулухъги кьелин. Гьелдаса хадуб цо хехаб къваригӏел ккун, анцӏго къоялдасан тӏад руссинин гьеб харбидеян.\nРамазанидаги абун, дун Америкаялде ана. Гьевги гьелда разилъана. Гьелдалъун лъугӏанин абизе бегьула нижер дандчӏвайги. Къокъго абуни, дие кинабгӏаги хъулухъ щвечӏо. Цо-цо мехалъ дица хӏисаб гьабула, инчӏогогӏаги вукӏаравани дун сапаралъилан. Хадубги ракӏалде ккола доб мехалъ чӏахӏи-чӏахӏиял хъулухъазда рукӏаразул ккараб къисматги лъикӏаб ккечӏин, Аллагьасул цо маслигӏат букӏун батилин гьелда жанибин абун. Гьединлъидал дица Тӏадегӏанасе шукру гьабула.\nСПОРТСМЕНАЛ КОЧӏОХЪАБАЗ НАХЪЕ ЦУНА\n— Халкъияб Собраниялде депутатлъун иналде цебе цо-цо ко чӏохъаби «Цолъараб Россия» партиялъул праймеризалда гӏахьаллъулел рукӏиналъ кӏудияб ахӏи-хӏур бахъинабуна респуб ликаялда. Спортсменал рищиязде унеб мехалда лъиданиги гӏадлъуларо, амма гьанже кочӏохъан-чӏужугӏадан политикаялде уней йикӏиналъ гӏемерисезулъ гьелдехун жахӏдайищ бижулеб бугебали. Гьелда тӏасан дур пикру лъазе бокьилаан.\n— Битӏараб бицани, гьелъие къимат кьезе бегьулищ дицаяли лъаларо. Дун мустахӏикъав ватиларо гьелъие. Амма, цоги рахъалъ балагьани, хал гьабе цо-кӏиго кочӏохъаналъ парламенталде ишан босун бугин абураб хабаралъ нуцӏа къана хӏакимзабазул лъималазги спортменазги гьенибе кандидатура лъеялъул хӏужаялде. Гьениб жанибги цо политикияб сихӏру батизе бегьула.\nЦогидаб рахъалъ босани, масала, Зайнаб Махаевалдехун дир щибниги тӏадкӏалъай гьечӏо. Лъикӏай кочӏохъанги йиго, жиндиего гӏураб гӏакълуги буго. Амма гӏемерисез гӏочӏол тӏогьиб чӏван буго гьел- да гӏурус мацӏ лъалеб гьечӏолъи. Кин гьеб лъалеб батаниги, Зайнаб гӏакъилай гӏадан йиго. Дида гьей лъикӏго лъала. Гӏицӏго жиндирго пикру цо чӏванкъотӏун загьир гьабизе гӏураб махщел батиларо гьелъул, гьебги кинавго чиясул гуро букӏунеб.\n— Республикаялдаги гьеб бахун къватӏибги гӏезегӏан машгьурлъи щваниги, мун щибго чӏухӏи гьечӏев чи вукӏин бихьулеб буго. Кин духъа бажарулеб гьедин гӏадатлъи цӏунизе?\n— Нижер росулъ кигӏан дин гьукъарал соназдаги мажгиталда как ахӏулеб гьаракь къотӏичӏо. Цо заманалда лъималазе дарсал лъолев, нижер гьенив гӏумру гьабун вукӏун вуго Гьандихъа Хӏумайд-афанди. Гьеб кинабго гьесул баркат батилин тола дица. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего исламги бацӏцӏадаб нияталда Аллагьасе тӏагӏат гьабулел гӏадамалги рукӏана дида аскӏор. Гьезул бар- каталдалъун иман тӏинкӏана дир рекӏелъеги.\nДида эбел лъаларо. Дун гьавулаго къадаралде щун йиго гьей. Гьеб, эбел гьечӏолъиялдалъун гьитӏинго дие щвечӏеб хинлъи цогидаб жоялъ кьуна дие, исламалъ.\n15 сон барав чи ана дун Ростовалде. Гьелдаса хадуб гӏумру гьабизе ккана СШАялде, Австралиялде — щвечӏеб бакӏ хутӏичӏо. Амма киве кканиги, ракӏ дир рокъобе цӏалеб букӏана. Гьелда жанибги батила исламалъул баракат. Гьитӏинго дуе кинаб тарбия щун батаниги, гьелда рекъон уна чиясул гӏумруги. Дир чорхолъе гьитӏинго лъугьана исламги, гьелъ куцана дун ракьалда гӏадатиявлъунги, чӏухӏи гьечӏевлъунги, гӏадамасул адаб гьабулевлъунги вукӏине. Гьелдаса вохаравги вуго, гьелъухъ Тӏадегӏанасе шукруги гьабула.\nКЛИЧКОГИ ГӏЕТӏ КЪАНЦӏУН ЩВАРАБ ГӏАРАЦГИ\n— Киназдаго ракӏалда буго, Владимир Кличкоги мунги рингалда дандчӏван рукӏана 13 соналъ цере. Цинги гьесул вац Виталий ана политикаялде. Мунги хӏадурлъулев вуго гьанже гьениве ине. Кличколгун нужер жакъа гьоркьоблъиго бугищ?\n— Цебе букӏунаан бухьен, ахираб заманалда гьебги къотӏана. Гьесул руго жиндирго ишал, дирги буго гьабулеб хӏалтӏиги цогидабги. Гӏемерав чияс кьолеб суал буго дие 2008 соналъ гьесулгун букӏараб дандчӏваялда тӏасан. Битӏун бицани, доб дандчӏваялде дун ана бекун хадуб жеги лъикӏаланго сахлъичӏеб квергун. Дида абулеб букӏана гьеб дандчӏвай нахъбахъизе рачӏайин, амма дун разилъичӏо. Гьеб дандчӏваялдаса хадуб спорталдаса тӏуванго нахъе ине щулияб ниятги букӏана дир. Гьединлъидал ккараб ккун букӏайилан, ана дун Кличкогун речӏчӏизе. Мунагьал чураяв инсуцаги гӏемер абулаан жив чӏаго вукӏаго тейила дуца гьеб спорт, гьесул гьари нахъчӏвачӏолъиялдасаги вохана дун хадув.\nПрофессионалияб боксалда дида щулаго бичӏчӏараб жо ккана, кигӏан цӏакъав, цеветӏурав спортсмен мун вукӏаниги, промоутеразе я дур, я дур сахлъиялъул щибниги ургъел букӏунаро. Гьезул мурад букӏуна мун сабаблъун лъикӏаб гӏарац гьабизе. Сордо-къоялъ чӏечӏого духъе телефоналъ ахӏтӏелел рукӏуна гьел: «Метер нилъер гьадинаб речӏчӏи букӏина, сезе мун хӏадурлъизе ккола гьанив цеве вахъине, анкьидасан рингалда мун дандчӏвазе ккола пуланав чигун». Гьеле гьез дур гӏинзунибе бугӏулеб хабар.\nРакӏалда буго, цо телеканалалъе кьураб интервьюялда, иргадулаб тренировкалдаса хадуб, гьурмадаса гӏетӏги бацӏцӏунаго, дица абуна: «Балагье дидаса чваххулебщинаб гӏетӏ бихьизе, гъозухъги (промоутерал –авт.) балагье, хъахӏал гурдалги ретӏун ругел, щибниги гъозул гьурмада цӏирараб гӏетӏ гьечӏо. Амма гьел хӏадурго руго дир гӏетӏги цӏцӏун щвараб гӏарац бакӏаризе», — ян.\nГьединаб буго гьезул аслияб мурад, хӏалтӏул хаслъи. Жиндир заманалда нахъе ине лъазе ккола спортсменасда. Дида гьеб кӏвана, гьелдаса кутакалда вохунги вуго жакъа.\nБОКСЕРАСУЛ ЗАХӏМАТАБ РИНГ\n— Боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун гъоркьиса вахъана нужерго районалдаса Муслим Хӏажимухӏамадов. Амма ахираб 12 соналда жаниб нилъер республикаялда гьелъул рахъалъ сихӏкъотӏи букӏана. Дур пикруялда, щиб гӏилла гьениб бугеб?\n— Дица цебеги гӏемер абулеб жо букӏана, мисалалъе, боксги эрке- наб гугариги дандеккуни, гугари- ялъул рахъалъ дунялалъул къецал лъугӏула кӏиго-лъабго къоялда жанир. Боксалъул рахъалъ Олим- пиадаялъул къецал абуни, халат рахъине рес буго кӏиго анкьалъги. Рингалда цо дандчӏвай букӏине рес буго цо къоялъгицин. Гьебго ахӏвал-хӏал букӏуна дунялалъул чемпионаталъул къецаздаги. Бергьенлъиялде бугеб шавкъги, черхалъул вакӏа-вахариги, пикрабиги, дандиясда цо лъикӏго зар щвезабизе бахъулеб хӏаракатги — кинабго цойиде бакӏаризе цӏакъ захӏмалъула боксерасе. Психологияб ва физическияб рахъалъ гьелъ кутакаб тӏа децуй гьабула спортсменасде. Гьединаб жо буго бокс.\nГьеб гуребги, нужго балагье, Россиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ церехъабилъун (фавори- тал) руго Северияб Кавказалъул лъабго-ункъо республика, гьезул бищун къуватал руго нилъ (дагъи- станиял). Боксалъул рахъалъ абуни, бокьараб регион босе — гьелъие ругьун гьарулареб цониги бакӏ гьечӏо Россиялда. Гьединлъидал кутакаб конкуренция букӏиналъги батила, ахираб заманалда нилъер гьаниса дунялалъул цониги чемпионги вахъун вукӏинчӏев.\nСиднеялъул Олимпиадаялда кӏиабилеб бакӏ босун хадув рокъове вуссиндал, тӏубараб районго бачӏун букӏана дида дандчӏвазе. Кутакалда кӏодо гьавуна гьез дун. Гьеб мехалъ гьенир рукӏарал лъималазул чангиязе кутакаб асар гьабун батула гьеб бергьенлъиялъ. Гьезул чангиязул анищ бижун батула боксалъул чемпионаллъун рахъине. Лъималазе цӏакъ асар гьабулеб жо ккола гьеб — чемпионасда берчӏвазе щвейги, гьесул гьабулеб къиматги. Гьединго букӏун батила Муслимилги. Гьитӏинго гьабураб анищ гӏумруялде бахъана гьесул, гьанже хутӏана бищун аслияб мурад – Олимпиада квегъизе. ИншаАллагь, гьенибги гьесие битӏккеялда божарав вуго дун.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "12396-tsiadasa-khiamzatil-vasgi-rasulil-vatsgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12396-tsiadasa-khiamzatil-vasgi-rasulil-vatsgi", "title": "Цӏадаса Хӏамзатил васги Расулил вацги", "date": "2021-05-28 12:42:06", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "21 маялда цӏех-рехал гьариялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб федералияб централда (РАНалъул ДФИЦ) цебе Хӏажи Хӏамзатовасе памятникги лъуна, гьесул хӏурматалда гӏелмияб конференцияги тӏобитӏана. Гьенир данделъун рукӏана гӏалимчиясул гӏага-божарал, районцоял, ишцоял ва гьесул ирсалъул къимат гьабулел ракьцоял.\nПамятник гьабун буго скульптор Шамил Канайхӏажиевас. Гьеб ккола гӏалимчиясе республикаялда лъураб тӏоцебесеб памятник. Гӏурусазул классик Лев Толстоясегун наиб Хӏажимурадие Махӏачхъалаялда лъураб памятникги гьевго скульпторас гьабуна.\nГӏелму цебетӏеялъе Хӏажияс лъураб бутӏаялъул бицунаго, гьадинал хӏужабазде кӏвар кьуна гьесулгун ишцояз — хъвай-хъвагӏай гьечӏел халкъазул мацӏаздагун гӏурус мацӏалда словарал ва Дагъистаналъул халкъазул фольклор бихьизабулел томал риччазе квербакъи гьаби. Гьединго гуманитариял гӏелмаби цӏакъго церетӏезаризе, гӏелмиял хӏалтӏухъаби хӏадуризе лъугьин.\nХӏажи Хӏамзатовас нухмалъи гьабулаан пагьму бугел гӏолилазе квербакъулеб, Хӏажи Махӏачевасул цӏаралда бугеб фондалъеги. ДФИЦалъул нухмалъулев Акай Муртазаевас абуна Дагъистаналъулгун Кавказалъул темаялда тӏад хӏалтӏулагоги РАНалъул хӏакъикъияв членлъун вахъине бегьулеблъиги бихьизабунила Хӏажияс, — ИЛАНГ.\nГӏелмияб конференциялда бицана гьесул гӏумрудул нух цин медицинаялдаса, цинги математикаялдаса, хадуб литератураялдаса байбихьиялъул хӏакъалъулъ. Гьединго цо-цо гӏалимзабаз, жидерго докладалги гьоркьор къотӏизарун, ракӏалде щвезабулеб букӏана Хӏамзатил Хӏажияс жидеего гьабураб асаралъул.\nМасала, искусствовед Гулизар Султановалъ бицухъе, 1965 соналда Ленинградалъул театралъулгун музыкаялъул ва кинематографиялъул институтги лъугӏун, практикаялъ Дагъистаналъул радиоялда хӏалтӏулей гьелъие машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ очеркал хӏадуризе тӏадкъан буго Хӏажи Хӏамзатовас.\n«Хадуй дун Ленинградалде тӏад юссана. Росасеги ун, ясги гьаюн, росулъе ана. Гьений дун учительницалъун хӏалтӏулей йикӏана. Гьеб мехалда Хӏажи Хӏамзатовас витӏун вачӏана цо журналист, Махӏачхъалаялде ячӏайин гьаризе. Гьедин гьес кумек гьабуна дир яс ясли-ахалде йосизеги, дунгоги телерадиокомпаниялде ячана. Хӏажи Хӏамзатов абуни дида, практикаялъ Махӏачхъалаялде ячӏинегӏан, лъалев чицин вукӏинчӏо. Гьедин къимат гьабулаан гьес лъай бугел чагӏазул, хасго гӏолилазул.\nСеверияб Кавказалда кибниги гьечӏеб искусствоялъул отделги рагьана ИЯЛИялда Хӏажи Хӏамзатовас. Грузиялъул Гӏелмабазул академиялъул къагӏидаялда гьенир лабораториялгун мастерскаял рагьизеги анищ букӏана гьесул.\nДагъистаналъул театралияб, изобразительнияб, прикладнияб, музыкалияб ва цогидал искусствабазул ва гьезул тарихалъул хӏакъалъулъ нижер отделалъ къватӏире риччарал тӏахьал лъугьана культурая лъул хӏалтӏухъабазе цӏакъго пайда цӏикӏкӏараллъун.\nДида киданиги рагӏичӏо сессиязда, конференциязда яги цоги бакӏалда гьаракь борхизабун, хъачӏго гьев кӏалъалев. Щивав хӏалтӏухъанасдехун адабалда кӏалъалаан», — илан бицана Г. Султановалъ\nГьанжего-гьанже вузги лъугӏун, ДНЦялде хӏалтӏизе вачӏарав Муртазагӏали Хӏажиевасе (тарихиял гӏелмабазул доктор – авт.) асар гьабун бугоан «Хирияв Муртузие» абун, Гӏелмияб централъул председатель Хӏажи Хӏамзатовас тӏехь сайгъат гьабиялъ.\n«Москваялда аспирантураялда цӏалулеб мехалда эмен хвана дир. Гьединлъидал ДНЦялде хӏалтӏизе лъугьаралдаса нахъе дидехун инсулаб бербалагьи гьабулаан Хӏажияс.\nГӏелмуялдехун бербалагьи загӏиплъарал 1990-абилел соназда Дагъистаналъул Гӏелмияб цен- тралъул ирс цӏунун хутӏиялъе Хӏажи Хӏамзатовас кӏудияб хӏалтӏи гьабунин бицана филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадовас. Амма доб мехалда республикаялъул тӏалъиялдаги ишцояздаги гьоркьор рукӏанила гьесул рахъ кколарел чагӏи.\nГьеб конференциялда гӏахьаллъарав информациялъулгун печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиевасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан Дагъистаналъул литератураялъул кӏвар бугел асарал миллиял газет-журналазда рахъизе.\n«Хӏажи Хӏамзатов хун анцӏго сон аниги, гьесул бицунареб къо букӏунаро нижер. Нижеца ракӏалде щвезабула къокъаб, мухӏканаб гьесул калам, махсаро-хочӏги, рилълъинги, балагьиги. Гьединал чагӏи холаро, гьел чӏаго рукӏуна ни лъер ракӏазулъ… Тарихчагӏаз гьев рикӏкӏунаан тарихчилъун, литера- туроведаз – литератураялда тӏад чӏарав гӏалимчилъун, бакъбаккул рахъалъул улкабазул тарихгун мада- ният лъазабулел гӏалимзабаз – жидеравголъун. Нижеца абуни Хӏажи Хӏамзатов рикӏкӏунаан мацӏазда тӏадчӏарав гӏалимчилъун. Гьесда лъалаан аслиял масъалаби гӏисинал суалаздаса ратӏа рахъизе. Цо нухалда нижеда цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав Сагӏид Гӏалиханов вачӏана гьесухъе толковияб словарь бахъизе кколин бицине. Хӏажияс гьесие жаваб кьу- на щибаб жоялъул жинди-жиндир заман букӏунин. Гьединлъидал гьеб словарь бахъизе жеги заман щун гьечӏин. Гьес абуна цин рахъизе кколила миллиялгун гӏурус, терминологиялъул ва цогидал словарал. Гьездаса хадуб гурони бахъизе бегьуларила толковияб словарь.\nГьединго Хӏажи Хӏамзатовасе рекӏее гӏолароан цо-цо гӏалимзабаз Дагъистаналъул мацӏал Европая лъул мацӏазда данде кквезе лъугьин. Нилъерго гьанир ругел мацӏал щай гьедин дандекквезе бегьуларелин гьикъулаан гьес.\nХӏажи Хӏамзатов вукӏана кутакалда магӏна бугев чи. Хӏалтӏул къваригӏелалъ рачӏарал чагӏазда цӏакъ гӏадатго кӏалъалаан. Гьезул рокъоб бугеб къварилъи-гӏатӏилъигицин гьикъулаан Хӏажияс», — абун бицана филологиял гӏелмабазул кандидат Саймат Юзбековалъ.\nЛенинградалъул университеталда иранистикаялъеги цӏалун, аспирантураги лъугӏизабун, ДНЦялде хӏалтӏизе ячӏарай Патӏимат Гӏалибеговалда гьес гьикъун буго Дагъистаналъулгун Ираналъул культуриял ва тарихиял бухьеназда тӏасан жинцаго хъвараб тӏехьалъул цо бутӏаялда тӏасан пикру.\n«Доб заманалда Ираналъул бицунелъул гӏицӏго рагъазул бицунаан (Надир-шагьасул, къажаразул, гӏезегӏан мехалъ Ираналда тӏад кверщел букӏарал сефевидазул хӏакъалъулъ). Культураялъул цӏар бахъулароан. Амма Хӏажи Хӏамзатовас гьениб мухӏканго бихьизабун букӏана Дагъистаналъул мацӏазе, литератураялъе Ираналъ гьабураб асаралъул. Гьеб кутакалда гӏадлъана дида. Гьесде щвезегӏан лъицаниги бицун букӏинчӏо Ираналъ нилъехъе гьарурал чабхъеназ, рагъаз нилъер рухӏияб рахъалъе ккараб пайдаялъул. Гьанжего-гьанже цӏалун яхъарай гьайги щийин течӏого, кӏудияв гӏалимчияс доб мехалда диргун гӏакълу дандбаялъ кутакалда лъикӏаб асар гьабун букӏана дие.\nХадуб дос малъулаан дурго ботӏролъе бачӏараб пикру хъвайилан. Гьелъ дун дагьай гӏажаиблъизаюнги йикӏана. Щайгурелъул советияб заманалда гьедин эркенго хъвалеб гӏадатги букӏинчӏого, цого коцонир кьабурал жал кинигин, тӏубарал трафаретал гӏадал жал хъвалаан», — абун бицана гӏалимчӏужу Патӏимат Гӏалибеговалъ.\nГьебго къоялъ Поэзиялъул театралда букӏана Хӏажи Хӏамзатов ракӏалде щвезавиялъул сордоги. Гьениб археолог Муртазагӏали Хӏажиевас бицана Хӏажи Хӏамзатовасе гӏумруялда жаниб кӏвар бугеб мурад кӏиго букӏанила – Цӏадаса Хӏамзатил вас ва Расулил вац абураб даража цӏуни. Гьединлъидал гьеб кӏиябго цӏаралъе ритӏухъавлъунги хутӏанила гьев.\nНужеца жакъа жиндие инсул лъаларел рукӏарал чанги рахъал рагьанин, гьаб залалда жаниб гьесул рухӏги боржанхъулеб батилин абураб пикру загьир гьабуна гьениб Хӏажиясул вас Хӏамзатицаги.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "12397-ljotchikal-kholaro-gel-gavayalde-rorzhun-una", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12397-ljotchikal-kholaro-gel-gavayalde-rorzhun-una", "title": "«Лётчикал холаро, гьел гьаваялде роржун уна»", "date": "2021-05-28 12:45:40", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Кколеб куцалда чиясул къимат гьев хун хадуб гурони гьабуларин абула. Битӏараб бицани, чӏаго вугеб мехалда цониги нухалда ракӏалде ккунго букӏинчӏо сундухъдай Тӏайгиб Тӏолбоевасе Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьурабилан. Тӏадежоялъе, гьеб гьесда жиндаго гьикъизе ресги букӏана.\nТӏайгиб цеве гӏемер щолаан нижер редакциялде, гьудулгьалмагълъиялъухъе, ракьцоязухъе. Амма дида гьев цониги бакӏалда интервью кьолев, яги «гьале дун» абун, цеве кӏанцӏолев вихьун вукӏинчӏо. Лъимадул гӏадаб гьимиялъул, гӏодобе биччараб хасияталъул чи вукӏана гьев. Гьедин- лъидал жиндирго гьунаразул хӏакъалъулъ жинцагоги бицунеб букӏинчӏелъул, дицаги цогидазги Тӏайгиб къабул гьавулаан гӏицӏго Бурятиялда гӏумруги гьабулев, Мухӏамад Тӏолбоевасул вац гӏадин.\nГьанже къадаралде щведал, Бурятиялдаса гьалмагъалъ, зигараги бан, интернеталдасан рехун бачӏана дихъе Тӏайгибил хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Битӏараб бицани, дагьалъ намуслъизеги бачӏана – ракьцоясул хӏакъалъулъ гьениб хъвараб жо цебего лъалеб букӏараб ххвелги гьабун чӏана дун.\nГьениб бицунеб буго 1995 соналда Тӏайгибица цо вертолёталъул хӏалбихьулаго, кутакалда гьури пулеб бакӏалдеги ккун, гьелъухъа бажарун гьечӏила гьаваялде бахине. Гьеб бакӏалда гъоркь абуни букӏун буго гӏадамаз гӏумру гьабулеб Каменка посёлок. Гьединлъидал нагагь вертолёт бортани, гӏадамазе къварилъи ккеялда хӏинкъи букӏун, мугӏрул ругеб рахъалде бачун буго гьес гьеб. Гьедин магӏарда вертолётги тункун, цадахъ вукӏарав лётчикги хун, Тӏайгиб чӏаго хутӏун вуго.\nГьелдаса чанго сон индалги такраралъун буго гьединабго хӏужа. Тӏайгибицаги гьесулгун пишацоязги хӏалбихьи гьабулеб мехалда истребителалъе жагъаллъи ккун, гьелдаса къватӏире кӏанцӏун, нужго хвасар гьареян лъабцӏулго команда кьун буго. Амма Тӏайгиб разилъун гьечӏо. Ахирги гьесухъа бажарун буго истребитель рещтӏинабизе.\nГьес хӏалбихьиял гьарун руго истребителазулги, ракетазулги (кинабниги 50 батӏияб тайпаялъул).\nГьел хӏалбихьиязухъ 2007 соналда гьесие кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар.\n1985 соналдаса нахъе Бурятиялда гӏумру гьабулев вукӏарав Тӏайгиб Халкъияб Хуралалъул депутатлъунги кколаан.\nБурятиялда ругел гӏадамазда Тӏайгиб Тӏолбоев кин ракӏалда чӏаравали бицунеб буго нижеца гара-чӏвари гьабурал цо-цо чагӏаз.\nТуяна Ракшаева (гӏезегӏан соназ МВДялдаги хӏалтӏун, гьанже хӏалхьиялда йиго):\n— Дун паспортазул столалда хӏалтӏулеб мех букӏана. Цо къоялъ вачӏана Тӏайгиб жиндирго ракьцоял, дагъистаниялги рачун. Кавказалъул чагӏаздехун цӏакъго квешаб бербалагьи букӏана гьеб заманалда улкаялдаго – 1990-абилел соналха. Гьединлъидал шагьаралда тира-сверулеб мехалда милициялъ гьезда документал рихьизарейин абулеб букӏун буго. Бурятиялда, лъилниги тӏадкӏалъай букӏунаредухъ, дуца гьазие прописка гьабеян гьарана Тӏайгибица дида. Вагь, гьелги къватӏиса рачӏарал чагӏи гурел, РФялъул гражданаллъидалин, тамашалъана дун. Гурин, гьезие квалквалал ккезе рес бугин, кумек гьабеян чӏана гьев нахъеги. Щиб адресалдагӏагиха гьезул хъвай-хъвагӏай гьабилебин гьикъана дица. Жиндир рукъалъул адресалда гьабеян абуна гьес. Гьеб хӏужаялъ кутакалда асар гьабуна дие. Жиндирго тухумкьибилалъулгицин гурел, гӏицӏго Дагъистаналдаса чагӏи абун гурони, чияр чагӏазе жиндирго рокъоб прописка кин гьабизе бегьулебали бичӏчӏулеб букӏинчӏо дида. Амма гьанже лъалеб буго Тӏайгибица гьеб, батӏияб хасияталъул чи вукӏиналъ, гьабураб хӏукму букӏараблъи.\nДир рос хӏалтӏулеб спортшколалда Тӏайгибил хӏурматалда зама-заманалдаса боксалъул рахъалъ турниралги тӏоритӏулаан. Гьединлъидал дунги унаан гьезухъ балагьизе. Амма Тӏайгиб вихьизе бокьилаанха нужеда гьенив – гӏадатияв чи гӏадин, жиндир гуреб, цоги батӏияв чиясул хӏурматалда гьеб турнир гьабулеб хӏалалда вукӏунаан гьев. Гьединав, кигӏан дагьабгицин чӏухӏа-къулиялъул асар гъорлъ гьечӏев инсан дида цоги лъаларо.\nДагьаб хадуб нижеда ракӏалда буго Тӏайгибил гьудулзабиги, лъале-хъвалелги данделъун, гьев ракӏалде щвеялъул къо тӏобитӏизеги.\nХаледдин Сулейманов, Бурятиялда гӏумру гьабулев Азербайжаналдаса бизнесмен (1995 соналда авиакатастрофаялде ккарав Тӏайгибие вацас гӏадаб хъулухъ гьабунин Халеддиницаян бицана Бурятиялдаса чагӏаз. Амма живго Халеддиние бокьичӏо гьелъул хӏакъалъулъ цӏар бахъизе):\n— Тӏайгибилгун дир гьудуллъи ккана лъеберго соналъ цебе. Дун МВДялда, гьев авиациялъул заводалда хӏалтӏулев вукӏана. Рукъзалгицин цого тӏалаялда руго нижер, цоцахъе рагьухъе букӏунеб гӏаммаб нуцӏаги буго.\nДида гьезул кинабго гӏагарлъиги лъала, кутакалда лъикӏал чагӏи руго.\nТӏайгиб гӏадамалгун хӏеренав, хӏалтӏуда къвакӏи бугев чи вукӏана. Гьединлъидал дица гӏемер абулаан гьедигӏанго хӏалимлъизе бегьуларилан. Жив Россиялъул Бахӏарчи вугин абун гьеб бихьизабулев чиги вукӏинчӏо гьев. Гьеб цӏар кьураб мехалда дица гьесие махсара гьабуна телефоналдасан, Путинилгун бачараб квер диеги бокьун бугин бачине, гӏебеде щвезегӏан чуругейин абун. Велъулев вукӏана.\nЦо заманалда Тӏайгибица ахӏун бачӏана жинда гьаниб чӏалгӏун бугин, Улан-Удэялде бокьилаанилан. Гьединлъидал дица вас витӏана Москваялде гьесда хадув. Тӏайгиб гьеб мехалда жиндирго гьудуласул дова вукӏана. Амма ракӏалдаго гьечӏого гьев цӏидасан больницаялде ккана. Васги Улан-Удэялде вачӏана нахъвуссун. Цинги Тӏайгибил яцалъ абуна гьанжеялдаса хадув жидеца гьев Дагъистаналде вачинин.\nДица абулаан Тӏайгибида гӏелин воржаравщинав, гьанже хӏалхьи гьабизе заман щун бугилан. Гьимизеги гьимун, квер хьвагӏулаан гьес, жеги цо-кӏиго соналъги воржун, чӏелилан. Зобалаздаса хирияб жо гьесие букӏинчӏо.\nХваниланцин кколаро дида гьев. Щайгурелъул лётчикал холаро, гьел зобалазде роржун уна.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "12469-kaspijsk-tsebetiezabiyal-ul-bitsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12469-kaspijsk-tsebetiezabiyal-ul-bitsana", "title": "Каспийск цебетӏезабиялъул бицана", "date": "2021-06-03 09:19:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовас гьал къоязда Каспийскиялъул администрациялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана гьеб шагьар цебетӏезабиялъе ругел нухазул хӏакъалъулъ.\nМеликовас абуна аэропорталдегун Махӏачхъалаялде гӏагараб, ралъдал рагӏалда бугеб Каспийскиялда туристазе цересан гостиницабиги рекӏелгъеялъе батӏи-батӏиял комплексалги разе бегьилаанила, амма гьелдалъун шагьаралъул гӏадамазе квалквал ккелила тӏабигӏаталъ кьураб бечелъиялдаса пайда босизе (ралъдахъе ине, масала). Гьединлъидал гьеб иш бакӏалъул гӏадамазул ихтияралги тӏалабалги хӏисабалде росун гьабеян тӏадкъана гьес.\nГьединго хӏажат руго аэропорталдегун Каспийскиялъул флотилиялдехун унел ва шагьаралда жанисел нухал къачӏазе, шагьаралда гӏунгутӏи буго гьекъолеб лъел рахъалъги.\nЦогидал бакӏаздаго гӏадин, рукӏа-рахъиналъулгун коммуналияб магӏишатги беццулеб хӏалалда гьечӏо гьениб (басралъарал минаби, токалъул кварал, хӏухьладалъун шагьар хинлъизабулеб система)."}
{"slug": "12470-kh-utabazul-status-chiezabiladaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12470-kh-utabazul-status-chiezabiladaj", "title": "Хъутабазул статус чӏезабиладай?", "date": "2021-06-03 09:21:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов щвана Бабаюрт районалда ругел Рутул мухъалъул хъутабазде. Гьенирго руго магӏарулазул Кӏусур росдал гӏадамалги.\nХъутанчагӏаз бицана жидее квегӏенал нухалги, лъалъадизегун гьекъезе лъимги, школалгун больницабиги, токгун газги къваригӏун ругилан. Амма гьел суалал тӏураялъе квалквал гьабулеб буго хъутабазул ракьазул даража чӏезабун гьечӏолъиялъ.\nТӏадежоялъе, гьитӏинаб справка къваригӏанигицин, хъутаналда гӏумру гьабулев пуланав чи, жин- дир хъвай-хъвагӏай бугеб, бакӏалде магӏарухъе щвезегӏан ине кколев вуго гьелда хадув.\nСергей Меликовас абуна жинца чанго министерствоялъе тӏадкъай кьун бугила гьелда хурхун за- коналъул проект хӏадур гьабизе. Ахиралда, жамгӏиял данделъабиги тӏоритӏун, гӏадатиял гӏадамазда цебеги лъезе бугила гьеб.\nГьеб законалда тӏад хӏалтӏизе вакилзаби жалго хъутанчагӏазда гьоркьосаги рищизе бегьулин абуна Меликовас гьезда.\nХадуб гьес рагӏи кьуна гӏи-боцӏухъабазе гӏарцудалъун кумек гьабизеги."}
{"slug": "12471-l-agialil-mugirul-yas-2021", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12471-l-agialil-mugirul-yas-2021", "title": "Лъагӏалил мугӏрул яс – 2021", "date": "2021-06-03 09:23:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "29 маялда Хасавюрт шагьаралъул Маданияталъул кӏалгӏаялда тӏобитӏана “Бищун лъикӏай мугӏрул яс — 2021” абураб республикаялъул къецалъул финалияб бутӏа. Тадбир тӏобитӏана жамгӏиял хӏаракатчагӏи Патӏимат Гӏабдурахӏмановалъ («Фати-добро») ва Марьям Шафиевалъ.\nКъецалъул букӏана 3 бутӏа ва гьел тӏоритӏизе кколаан 2020 соналдаго. Амма дунялалдаго бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, финалияб бутӏа нахъ бахъизе ккана. Къецалда гӏахьаллъизе бегьулаан 18 сонил ригьалдаса 35 сонил ригьалде щвезегӏан ругел ясал. Гӏахьаллъи гьабуна 170 ясалъ. Кӏиабилеб бутӏаялде рорчӏана 49-ял. Гьез битӏизе кколаан жидергоги, жидерго росдал гӏадатазулги, рукӏарахъиналъулги хӏакъалъулъ бицунеб видеоролик. Лъабабилеб, ай финалияб бутӏаялде йорчӏана 12 гӏахьалчӏужу. Амма гьезда гьоркьосаги 8 ясалъул гурони гӏахьаллъизе рес ккечӏо.\nКъецалъул гӏахьалчагӏазе къимат кьезе гӏуцӏун букӏана жюриги: шагӏир Тубхӏат Зургьалова, “Магӏарулай ”журналалъул редактор Баху Мухӏидинова ва “Спартак” маданияталъул кӏалгӏаялъул нухмалъулей Гӏайна Гӏабдулгӏазизова.\nГӏахьалчагӏазе битӏккейги гьарун, байбихьана къецазде. Гьез цереккунго хӏадуризе кколаан батӏи-батӏиял тӏадкъаял. Къец гӏуцӏун букӏана чанго бутӏаялдаса. Тӏоцебесеб бутӏаялда щияй гӏахьалчӏужуялъ бицана жиндиргоги, жиндирго гӏагараб ракьалъулги хӏакъалъулъ. Кӏиабилеб бутӏаялда гьез бихьизабуна жидерго рос- дал миллияб ретӏел. Лъабабилеб бутӏаялда гьезие хӏадурун букӏана тарихалдасанги гӏадатаздасанги гӏуцӏараб викторина. Ункъабилеб бутӏаялда рихьизаруна, жидерго росдал гӏадатги кьочӏое босун, лъурал театралиял церерахъинал.\nХӏалуцарал къецазул хӏасилалда тӏоцебесеб бакӏ босана ва “Бищун лъикӏай мугӏрул яс — 2021” абураб цӏаралъе мустахӏикълъана Шамил районалъул Ракьуб росулъа Мухӏамадова Фатима.\n“Бищунго балагьаразе асар гьабурай” абураб цӏар щвана Дахадаев районалъул Харбук росулъа Сулейманова Разияе.\nБергьенлъи босарай Мухӏамадова Фатимае кьуна 100 азарго гъурущги тӏоцебесеб даражаялъул дипломги, хутӏарал гӏахьалчагӏазе — дипломалги сайгъаталги.\n— Гьаб къецалда гӏахьаллъизе дун тӏамуна гӏагараб ракьалде бугеб рокьиялъ. Дие цӏакъ рокьула дирго районги, росуги, ракьцоялги. Гьединлъидал бокьун букӏана бергьенлъиги босун гьел рохизаризе. Дие бокьун буго кӏудияб баркала кьезе гьаб киналдего рокьи бижизабурал дир кӏудияв инсуеги кӏодоэбелалъеги, сундулъго кумек гьабулел, кидаго хьолбохъ чӏолел дир эбел-инсуеги. Жакъа дида дирго рекӏел хӏал загьир гьабизе рагӏаби ратулел гьечӏо. Дие гьаб бергьенлъи букӏине буго жеги цеехун ине къуватги хӏалги кьолеблъун. Дица хӏаракат бахъила унго-унгояй мугӏрул ясалъул цӏар кидаго цӏунизе”, — ян бицана Ф. Мухӏамадовалъ.\nГьединаб къец щибаб соналъ тӏобитӏизе бугин бицана гӏуцӏарухъабаз. Жакъа чияр маданиятаз кверде росарал нилъер гӏолилазе гьединал тадбирал чара гьечӏого хӏажатги руго. Гьез куцала гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ Ватӏаналдеги, тарихалдеги, маданияталдеги рокьи, бичӏчӏизабула гьелъул бугеб кӏвар.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "12473-giolokh-anal-gialimazul-va-khiafizazul-k-ets", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12473-giolokh-anal-gialimazul-va-khiafizazul-k-ets", "title": "Гӏолохъанал гӏалимазул ва хӏафизазул къец", "date": "2021-06-03 09:32:37", "categories": ["history"], "text": "Сагӏитбег Даитовасул цӏаралда бугеб исламияб университеталда исанаги тӏобитӏана гӏолохъанал гӏалимазда ва хӏафизазда гьоркьоб къец.\nАрал соназдаго гӏадин, исанаги рачӏана нижер гьанире иргадулаб конкурсалда гӏахьаллъизе Москваялдаса, Грозныялдаса, Владикавказалдаса, Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса, Владикавказалдаса гӏалимал ва хӏафизал.\nКӏиго къоялъ халат рахъарал къецазул хӏасилалда гӏелму цӏикӏкӏун лъаялъул рахъалъ бергьенлъи босана шайих Гӏабдурахӏман-хӏажил цӏаралда бугеб исламияб институталъул мутагӏил, Шамил районалъул Гӏасаб росулъа Рашид Мухӏамадовас. Гьев вахъана конкурсалъул бищун хирияб призалъул хважаинлъун. Рашидие щвана Къуръан ва автомашина. Кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана шайих Мухӏамад- Гӏарифил цӏаралда бугеб исламияб университеталъул мутагӏил Мухӏамад Сайпудинов. Гьесие кьуна лъабазарго долларги ноутбукги. Лъабабилеб бакӏалда гӏей гьабуна шайих Мухӏамад-Гӏарифил цӏаралда бугеб университеталда цӏалулев Гӏабдулмажид Гӏабдулмажидовас. Гьесие кьуна ноутбукги 1500 долларги.\nГирай Хӏайдаров"}
{"slug": "12475-insan-vugo-sunduego-giajibiyav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12475-insan-vugo-sunduego-giajibiyav", "title": "Инсан вуго сундуего гӏайибияв", "date": "2021-06-03 09:42:38", "categories": ["history"], "text": "Гьаб буго дунялги багӏарараб, рохьазда цӏаял ккеялда хӏинкъиги бугеб заман. Гьединлъидал цӏадудаса рохьал цӏуниялъе гьабун бугеб хӏадурлъиялъулги, рухӏарал рохьал рукӏалиде ккезариялъе гьарулел тадбиразулги бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул Рохьил магӏишаталъул комитеталъул председатель Вагьаб Гӏабдулхӏамидовасулгун.\n— Вагьаб, рохьазул рахъалъ нилъер республика бечедаблъун рикӏкӏунищ?\n— Дагъистан рикӏкӏуна рохьал дагьаб регионлъул. Тӏолабго ракьул 528 гектар гурони рохьаз ккун гьечӏо. Бищун цӏикӏкӏун рохьал руго Цӏунтӏа, Цӏумада ва Лъаратӏа районазул ракьазда.\n— Ахирал соназда республикаялъул рохьазда ккарал цӏаяз кигӏанасеб зарал гьабураб?\n— 2020 соналда 192,7 гектаралда ккана 20 цӏа. Аллагьасе рецц, исана рохьахъ цӏа ккеялъул хӏужжа ккечӏо. Аслияб куцалда рохьахъ цӏа ккеялъе гӏайибияв вукӏуна инсан. Гьес бакъвараб хер бухӏи яги цӏа свинабичӏого тей. Гӏадамал рохьоре уна хӏухьбахъизе, режула шашлыкал ва, нахъе унелъул, цо-цоязда кӏочон тола цӏа свинабизе. Гьелъул хӏасилалда ккола цӏаги.\n— Гьелдаго цадахъ рохьазда цӏаял ккеялъе ругел аслиял гӏиллабазул цояблъун рикӏкӏуна рохьал цӏунулезул къадар дагь гьабиги. Гьеб пикру битӏараб бугищ?\n— Советияб заманалде дандеккун босани, рохьихъабазул къадар саламатго дагь гьабуна. Гьанже гьеб гъалатӏ букӏараблъи бичӏчӏун буго ва ахирал соназда рохьазул инспекторазул къадар дагь-дагьккун цӏикӏкӏинабулеб буго. 2019 соналда нижеца хӏалтӏуде восана щуго, 2020 соналда — лъабго, исана — лъабго инспектор. Жакъа республикаялъул рохьазул хъаравуллъуда вуго лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун инспектор.\n— Рохьал цӏуниялъе гьаб заманалъулаб техника хӏалтӏизабулищ нужеца?\n— Ракӏалда буго исана кӏиго ва хадусел соназда анлъго дрон босизе. Инспекторал, хасго техника ине бажаруларел бакӏазда хадуб хал кквеялъе гьезул кӏудияб кумек букӏина. Цӏа ккеялда хӏинкъи бугел участкабазда хӏалтӏизабизе буго видеомониторингги. Гьеб мурадалда сотовиял операторазул вышкабазда нижеца лъезе руго хасал камераби.\n— Масала, рохьоб цӏа ккеялъе гӏайибияв чи ватани, гьесие щиб тамихӏ гьабулеб?\n— Цӏа ккеялда хӏинкъи бугеб заманалда рохьоб цӏаги бакун ватарав чиясда щуазарго, идараялда (юридическое лицо) — 50 азарго гъурущ гӏакӏа къотӏула. Масала, бакъвараб хер бухӏиялдалъун рохьоб цӏа ккани, гӏайибияв тӏамула ккараб зарал бецӏизе. Гьеб зарал миллион гъурщидаса тӏаде ани, уголовияб тамихӏалдеги цӏала. Амма цӏаялъ рохьалъе гьабураб зарал гӏарцудалъун рикӏкӏун тӏубаларо. Хӏисабалде босизе ккола зарал ккарал хӏайваналги, гъветӏ-хъарахъги, хварал микробалгун бактериялги, хвезабураб рохьил ракьул гӏуцӏиги, гьелда гьоркьор рукӏунел минералиял цӏамалги… Гьединго, цӏа свинабулаго гьаризе ккарал харжалги. Масала, Таргъуялъул рохьоб цӏа свинабизе бажаричӏого, авиация ахӏизе ккана. Цо сагӏаталъ хӏалтӏаралъухъ вертолеталъухъ кьуна 180 азарго, самолеталъухъ — 440 азарго гъурущ. Гьениб цӏа лъурав чи ватун вукӏаравани, гьев тӏамулаан гӏарац бецӏизе.\n— Халкъалда, хасго гӏолилазда ва школлъималазда, гьоркьоб гьеб рахъалъ бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи кин гьабулеб бугеб?\n— Республикаялъул киналго газетазде нижеца ритӏула гьеб рахъалъ кколел ругел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ баянал. Нижер сайталдасан видео-фотоматериалаздалъун бицуна цӏаяздаса рохьал цӏунизе ккеялъул ва цӏаяз рохьазе гьабулеб заралалъул хӏакъалъулъ. Шагьранухазда чӏван буго цӏаяздаса рохьал цӏуниялде ахӏулел «Берегите лес от пожара» абурал гӏадал лозунгал тӏад хъвараб 70 баннер.\nГьебго мурадалда гӏатӏидго пайда босула социалиял гьиназул ресаздасаги. Гӏадамазда малъула рохьазда аскӏоб бугеб, ай цӏа ккезе бегьулел, жидерго ракьул участкабазда ва дачабазда сверухъ бугеб ракьул цогун бащдаб метралъул гӏеблъи бегизе кколин. Амма къанагӏатги ватуларо гьединаб хӏалтӏи гьабулев чи.\nМЧСалъул хӏалтӏухъабазда цадахъ школазда тӏоритӏула тӏабигӏат бокьиялде, цӏа ккеялдаса рохьал цӏуниялде лъимал ахӏулел гарачӏвариял. Масала, исана нижер хӏалтӏухъабаз республикаялъул школазда тӏобитӏана 270 рагьараб дарс. Гӏадамазул батӏи-батӏиял данделъабазда ва мажгитазда гьеб темаялда тӏасан гьарурал вагӏзабиги рикӏкӏун, нижер хӏалтӏухъабаз исана гьабуна 500-ялдасаги цӏикӏкӏун гара-чӏвари.\n— Рохьал рукӏалиде ккезариялъе щиб гьабулеб бугеб?\n— Рохь бухӏараб бакӏ бацӏцӏуна ва гьенир чӏола гъутӏби. «Экология» абураб миллияб программаялъул кьучӏалда, цӏаялъ бухӏараб бакӏ гуребги, гъутӏби чӏейги гъутӏбузул хьон бекьиги данде босани, исана республикаялда рукӏалиде ккезабизе ккола рохьазул ракьазул 514 гектар. Гьеб мурадалда бюджеталдасан биччан буго 10 миллион гъурущ.\n— Рохьоб ккараб цӏа хехго свинабиялъе бакӏазда шартӏал гӏуцӏун ругищ?\n— Гъоркьиса ккарал цӏаял хехго свинаризе бажариялъ бихьизабуна гьеб рахъалъ лъикӏаб хӏадурлъи букӏин. Гьеб гуребги, цӏаял свинаризе нижее МЧСалъул рахъалдасанги кумек щола. Хираго чӏолеб авиация ахӏиялъе кумек гьабула республикаялъул хӏукуматалъ. «Экология» абулеб милли- яб программаялъул кумекалдалъун щвана цӏа свинабулел машинаби. Цебе, газа-бел гуреб, цӏагун къеркьезе нижер щибго букӏинчӏо. Жакъа буго анлъго цӏа свинабулеб машина: кӏиго Махӏачхъалаялда, хутӏарал — Гъуниб, Лъаратӏа, Казбек ва Къасумкент районазда.\nМЧСгун цадахъ комитеталъ тӏоритӏула рохьазда цӏаял свинариялъе хӏалтӏухъаби ругьун гьариялъул учениялги.\n60 чиясдасан гӏуцӏун буго цӏа свинабиялъул 20 мобильнияб къокъа, гьединго, жидеего бокьун цӏа свинабулезул 145 дружина.\n— Гӏураб къадаралда ругищ рохьихъаби-специалистал, рохьил инспекторал?\n— Кӏудияб къварилъи буго специалистал гӏоларого рукӏиналъул. Гӏолилазе бокьулеб гьечӏо рохьил магӏишаталъул цӏалул заведениязде цӏализе ине. Рохьил 1500 гектаралъул жаваб кьезе кколев инспекторасул харж буго 13 гъурущ. Къанагӏатавги инспекторасул гьечӏо транспорт. Араб анцӏго соналда жаниб нижее щвана 20 машина. 2020 соналда абуни, районазул рохьил магӏишатазе кьуна 54 «Нива» ва «УАЗик» машинаби.\n— Бакъвараб хер бухӏараб бакӏалда чӏахӏ лъикӏ бижулин абулеб жо битӏараб бугищ?\n— Гьеб ккола кьучӏ гьечӏеб хабар. Гӏалимзабаз цебего чӏезабуна бакъвараб хер бухӏараб бакӏалда лъикӏаб чӏахӏ бижулареблъи.\nАхиралдаги абила, лъималазда малъе тӏабигӏат цӏунизе кколеблъи.\nТӏабигӏаталда, хасго рохьоб цӏа бакила гьеб тӏибитӏиялъе рес гьечӏеб бакӏалда, ва, нахъе унаго, свинеги гьабила.\nЦӏияб законалда рекъон, нилъерго участкаялдацин я бакъвараб харида, я кьищниялда цӏа лъезе бегьуларо.\nН. Нуриев"}
{"slug": "12476-shuragib-beroleb-l-aj-keyal-ul-itsts", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12476-shuragib-beroleb-l-aj-keyal-ul-itsts", "title": "Шурагьиб беролеб лъай кьеялъул ицц", "date": "2021-06-03 09:47:21", "categories": ["obrazovanie"], "text": "27 маялда «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъаби щвана Буйнакскиялъул педучилищеялде гьоболлъухъ. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тӏубаялда данде ккезабун, кӏудияб тадбир тӏобитӏана гьеб къоялъ училищеялъул азбаралда.\nБечедаб тарих буго гьеб цӏалул идараялъул. 1975 соналде щвезегӏан училищеялда абулеб халкъияб цӏар букӏана Авар педучилище абун. Гӏадада лъураб цӏарги букӏун батиларо гьеб.\nШурагьиб цӏалул идараялъ къватӏире риччарал машгьурал магӏарулазул, гьединго дагъистаниязул сияхӏ халатаб буго.\nИНКЪИЛАБАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИГИ ГЬАНИР ЛЪАДАРАНА\nЦебегоялдаса нахъе анищ букӏана Буйнакскиялъул педучилищеялде щвезе. Республикаялдаго тӏоцебе рагьараб тӏадегӏанаб цӏалул идарайин абизе бегьула гьелда. ХӀX гӏасруялъул 80-абилел соназда гьениб букӏана реалияб училище, ай гьелдаса нахъе ана 140 сон.\nГӏасруялъул тарихалда жаниб Шурагьир цӏаларал машгьурал дагъистаниязул сияхӏ гьитӏинаб гьечӏо. Байбихьул классазул мугӏалимзаби хӏадурулеб цӏалул аслияб къебелъилъун букӏана Авар педучилище.\nГьениб лъай щвана инкъилабалъул машгьурал хӏаракатчагӏи Махӏач Дахадаевасеги, Султӏан-Сагӏид Казбековасеги, Мухӏамадмирза Хизроевасеги ва гьел гурел цогидазеги.\nАраб гӏасруялъул 30-абилел соназда гьенир цӏалана Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи, мугӏрузул чанго районалъе нухмалъи гьабурав Хунзахъа Мухӏамад Махуловги, кӏудияв шагӏир Расул Хӏамзатовги, гьесул вац, магӏарулазул тӏоцевесев академик Хӏажи Хӏамзатовги, хъвадарухъан Мухӏамад Сулимановги, бищун захӏматал соназда республикаялъе бетӏерлъи гьабурав Ругъжаса Гӏабдурахӏман Данияловги, гьесулго вац Хӏажагӏали Данияловги.\n«1880 соналда гьениб букӏана реалияб училище. Гьелъул кьучӏда рагьана хадуб училище. 1930 соналда Хунзахъ рагьараб педкомбинат 1933 соналъул ахиралде Буйнакскиялде бахъана. 1934 соналдаса нахъе байбихьанин абизе бегьула Буйнакскиялъул педучилищеялъул тарих. 1975 соналде щвезегӏан гьеб лъалаан Авар педучилище хӏисабалда. 1975-1994 соназда гьеб кколаан Буйнакскиялъул педучилище. 1994 соналда училище лъугьана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб педагогикияб колледжлъун», — ан бицана педколледжалъул директор Бартихан Гӏумаровас.\nХӏАМЗАТИЛ РАСУЛИЛ СТЕНД ВА МИЛЛИЯБ КВЕН-ТӏЕХ\nРоцӏараб, хинаб ихдалил къо букӏана ниж Буйнакскиялде щвараб къо. Педучилищеялъул азбаралъуб радалго чӏаголъи бугоан. Кьер-кьерал гурдалги ретӏун, хъахӏал-хъахӏилал гурмендабаз рахчун гьурмалгун, гӏолохъанал ясал дандчӏвана нижеда. Намусго гьимулаго, нижее рорчӏами кьезеги нечон, аскӏосан ана гьел. Педучилищеялъул минаялда цеве цӏакъ разиго гьимулев, хъахӏаб гурдилъ къамартӏго вугев чи вачӏана аскӏове. Гьев вукӏана колледжалъул директор Бартихан Гӏумаров. Гьесул рази-ракилъиялъухъ балагьун, бичӏчӏулеб букӏана гьалбадерие гьес кӏудияб тадбир хӏадурун бугеблъи.\nГазеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановасулгун харбида вугоан ригь арав чи. Гьев ватана 61 соналъ колледжалда хӏалтӏулев Чӏикӏаса Хӏажи Исмагӏилович. Урхъарал гьалбадерида гӏадин, цӏакъ разияб дандчӏвай гьабуна гьесги.\nБайбихьуда чай гьекъезеги ахӏун, директорас ниж педколледжалъул тарихалъулгун лъай-хъвай гьабизе рачана.\nТӏоцебесеб тӏалаялъул къадада чӏван ругел суратазда цере лъалхъана киналго.\n«Йохъ, дун гьобол гуро гьаб минаялъул, дун даимав студент вукӏана, вуго» абурал кӏудияв шагӏирасул рагӏаби рукӏана гьенир бетӏералъе лъун. 1980-абилел соназда Расул Хӏамзатов училищеялде гьоболлъухъ вачӏиндал рахъарал суратал ругоан гьел.\nАраб гӏасруялъул 30-абилел соназда гьенив цӏалана шагӏир. Гьанже колледжалъе гьесул цӏар кьеялдасанги бихьула гьениб Расулил къимат гьабулеб букӏин.\nЛъабабилеб тӏалаялда гьалбадерие хӏадурун батана тӏагӏамаб кванил тепси. Киналго миллатазул умумузул квен-тӏехалъул чанго стол бугоан кӏалбиччанкъоялде гӏадин хӏадурун. Щибаб столалда нахъа эхетарал берцинал ясаз къокъго бицана жидерго миллияб кванил тарих, щибаб нигӏматалда цӏар, гьеб хӏадурулеб къагӏида.\nАмма, хабаралдасаги нилъее хинкӏал лъикӏилан, лъарагӏазул кициги ракӏалде щвезабун, киналго столалда нахъе ахӏана колледжалъул хӏалтӏухъаналъ.\nУМУМУЗУЛ КЕЧӏ-БАКЪАН\nГьединаб букӏана тадбиралъул тӏоцебесеб бутӏа. Колледжалъул азбаралъуб зурма-къолол сас бугоан.\nКьер-кьераб формаялъул миллияб ретӏел ретӏарал гӏолохъанал руччабазул цӏун бугоан колледжалъул гӏатӏидаб азбар. Гьеб къоялъгӏан гӏемерал, гьайбатго ретӏа-къарал ясал жеги рихьун рукӏаралищалиги ракӏалда гьечӏо. Умумузул ретӏел гьезда рекъон букӏараб куц. Хъахӏал гурмендабазда гъоркьан намусго гьи- мулаго цересан унел гьел рихьидал, огь, дир гӏолохъанлъи, букӏарабани гӏумрудул 18 сон, цӏияй бахӏаралда цадахъ инаан жакъа Шурагьисайилан абулеб рагӏана гьенив вукӏарав цояс.\nСтудентаз бихьизабуна Гӏахьвахъ некӏо йокьулелъул гордухъе тӏагърал рехулел рукӏараб гӏадат, магӏарухъ тӏобитӏулеб оц баялъул байрам, бахӏарай лъадае ячунеб куц.\nШамил районалъул Гьоор росдал вакилзабазул букӏана гӏатӏидаб церерахъин — ихдал тӏоцебесеб рахъ бай ва некӏсияб бертин.\nГьединалго гӏадатал рихьизаруна Дагъистаналъул щибаб миллаталъул вакилзабазги.\nУчилищеялда цӏалулев 900 студентасда гьоркьоса 700 чиги гӏахьаллъун кӏудияб тадбир хӏадурун бугоан гьез.\nРАКӏАЛДЕЩВЕЯЛ ВА ЖАКЪАСЕБ КЪО\nГьединаб аваданаб къо букӏана Буйнакскиялда. Нижее цӏакъ рекӏее гӏуна жибго тадбирги кӏудияб даражаялда гьеб тӏобитӏизе хӏаракат бахъарал педколледжалъул хӏалтӏухъабиги.\nГьединго училищеялъул къадазда рарал суратазде тӏад вуссине бокьун буго дие. Гьениб лъай щварал гӏадамазда гъорлъ ругоан машгьуралги, машгьурлъи щвечӏониги, чанги чиясул рекӏелъ лъикӏаб лъалкӏги тун, гьаб ракьалдаса аралги гӏадамал. Редакциялъул хӏалтӏухъабаздаги ратана гьенир цо-цо жидерго гӏагабожаразул суратал. Гьез ниж тӏад руссун лъимерлъуде рачана, гьулчун рачӏана ракӏалдещвеял.\nДир эбелалъул имгӏал Гӏабдулхаликъил Мухӏамадги цӏалана Авар педучилищеялда. Захӏматал рагъул соназда ккана гьев Шурагьиве цӏализе.\nКигӏан вакъун-къечон хутӏаниги, жиндир гӏумрудул бищун талихӏал соназул цоял Буйнакскиялъул Авар педучилищеялда анин абулаан. Гьениб щвараб лъаялъ квербакъанила хадуб тӏокӏлъиялда ДГУялъул химиялъулгун биологиялъул факультет лъугӏизабизеги. 23 сон гурони гьечӏев чи институт лъугӏараб соналъго Гьонода росдал школалъул директорлъун витӏун вуго Гӏабдулхаликъил Мухӏамад.\nГьебмехалда комиссиялда гъорлъ вукӏарав республикаялъул бетӏер Гӏабдурахӏман Данияловас, гьав гӏолохъанчи Гьоноде витӏизе кколин, дова школалъул директорги гьечӏого, цӏакъ санагӏат гьечӏеб хӏал рагӏулин абун буго. Кӏиго соналъул стаж хӏажалъуларищилан ректор Абиловас абидал, гьонодисезе стаж гьечӏониги бегьулин махсара гьабун буго Данияловас.\nГьединаб лъай кьолеб къебелъи ккола Буйнакскиялъул педучилище.\nВузал лъугӏарал чагӏаз жакъаги абула Буйнакскиялъул педучилищеялда жидее цӏикӏкӏун лъай щванилан.\nЦӏалул программаялъул советияб заманалъ букӏарабго гӏадаб къуватаб даража жидеца жакъаги цӏунун бугин бицана колледжалъул директор Бартихан Гӏумаровасги.\nГьедин хутӏаги мун жеги нусго соналъги, Авар педучилище! Магӏарулазе мунги дуе магӏарулалги кутакалда хӏажат руго.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "12492-mukhiidin-mukhiamadov-gitiinab-vatian-tsiunulev-kiudiyal-egi-khilipl-ularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12492-mukhiidin-mukhiamadov-gitiinab-vatian-tsiunulev-kiudiyal-egi-khilipl-ularo", "title": "Мухӏидин Мухӏамадов: «Гьитӏинаб ватӏан цӏунулев кӏудиялъеги хилиплъуларо»", "date": "2021-06-04 11:45:10", "categories": ["magiarukh"], "text": "Цо бащдаб сагӏат гурони дица дур заман бахъинарин махсараги гьабун, рагьана дица Чӏарада районалъул бетӏерасул нуцӏа. Нижер гара-чӏвари халат бахъун батана лъабго сагӏаталъ. Ракӏалде щвезабуна цебесеб, бицана жакъасеб цебетӏеялъул, масъалабазул, цӏваби гӏадал цӏаразул, гьездаса бугеб баракаталъул, миллатцоял цолъун гьаризе бегьулел ишазул хӏакъалъулъ. Тӏад юссун диктофоналъухъ гӏенеккидал, гьеб батана магӏарухълъи къиматал, гьеб цӏилъизабизе бокьарал гӏадамазул накъит.\nУзухъда, кӏалъай букӏана магӏарул мацӏалда, гьеб кинабго жакъасеб газеталда лъеларо, лъуни проекталъе кьураб ункъо гьумерги гьелъ цӏела.\n— Районалъул нухмалъуда вугел соназда жаниб бищун захӏмалъараб рахъ, гьабун рагӏалде бахъинчӏеб хӏалтӏи кинаб хутӏараб?\n— Магӏарухъ берцинаб яшав гӏуцӏизе ккани, токги, лъимги, лъикӏал нухалги гьечӏого гӏолареблъи лъалеб жо бугоха нилъеда. Гьеб лъабабго бутӏаялдаса токалъул мухъал цӏигьари – гьеб батана, кигӏан яхӏ бахъаниги, рагӏалде бахъунареб масъала. Цебеялде данде ккун гӏемераб къадар токалъул бухӏулелъулха гьанже щивав чияс. Токалъ хӏалтӏизабулеб гурони алат батуларо рокъоб. Районалъул бетӏерлъуде вачӏаралдаса нахъе дица гьеб бутӏаялда бугеб масъалаялъул хӏакъалъулъ бицун кагътал хъвачӏеб идара, аскӏове щвечӏев хӏаким хутӏичӏо.\nНижерго ракьцоял, Пачалихъалъул Думаялъул, Халкъияб Собраниялъул депутатазул кумекалдалъун райцентралда лъун буго, анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун миллион кьун босараб кӏудияб трансформатор. Гьединго, нижерго гӏадамазул хӏаракаталдалъун росарал руго цогидал росабалъ хисарал трансформаторалги. Амма трансформатор цӏияб бугони щиб, киса-кирего токалъул кварал, хӏубал басралъун, тӏутӏун ругелъул. Гӏемерисел бакӏазда хӏубал хутӏун руго квараз ккун. Компьютерал хӏалтӏизаризецин токалъул къуват гӏоларебги букӏуна заман.\nГьеле гьеб токалъул суал буго хӏукуматалъул кумек гьечӏого нижер хӏал гӏолареб рахъ. Санайилго ниж дандчӏвала росабазул жамагӏаталгун, щиб росулъе щваниги, гьеб суал борхула гӏадамаз тӏоцебесеб иргаялда. Гӏадатиял гӏадамазда кидаго гуро бичӏчӏулеб гьеб масъала тӏубаялъул ихтияр дир яги цогидал районазул нухмалъулезул кверщаликь гьечӏеблъи.\nРоссиялдаса рачӏарал махщелчагӏиги ахӏун, хӏисаб гьабуна тӏубан Чӏарада районалда токалъул система цӏи гьабизе унел харжазул. Гьел рахунел руго 250 миллион гъурщиде. Токалъул масъала – гьеб тӏолабго республикаялъе гӏахьалаб суал буго. Тӏадчагӏазда гьеб бихьулеб батила, гьез гьелде кӏвар кьелин хьулги буго.\nХутӏарал аслияллъун рикӏкӏунел – нухал рахъиялъул, лъим бачиналъул суалал тӏуразариялъе, жамагӏатал гъункун, кумек гьабула. Гьанже гӏадамаз гӏемер хӏаракат бахъулеб буго жидерго росдал гьумер, яшав берцинлъизабиялъе, барахщичӏого гӏемер харжал гьарулел руго жамагӏаталъе гӏоло. Мисалалъе, Рилъаб росулъ гьитӏинаб жамагӏат бугониги, нух цӏи гьабиялъе гӏемераб яхӏ бахъана. Гьединал мисалал росабалъ гӏемерал руго.\n— Масъала камураб росу букӏунаро. Бугищ халатбахъун гьеб тӏубан бахъинчӏеб бакӏ?\n— Ракьазул масъалаги камулеб гьечӏо цо-цо. Советияб заманалдаса нахъего гьеб рахъ жеги роцӏунеб гьечӏо республикаялда. Гьанже нахъа заманаялъ, гӏураб росу буго нижер гьаниб Гьимикь абун. Кокрекалда рукӏарал гӏадамал тӏад руссун магӏарухъе рачӏун, колхозалъул ферма букӏараб бакӏалда цо-цоккун мина бан, росугӏанасеб бакӏ лъугьана. Амма административияб единица хӏисабалда бихьизабун гьечӏо жеги. Законалда рекъон бегьичӏониги, байбихьул школаги рагьун буго гьениб. Чачаналъе гочинарураб мехалъ, гьезул росдал колхозги биххун, ракьал рикьун руго аскӏор ругел росабазда гьоркьор. Гьанже гьеб росу бугеб ракь кколеб буго Гӏириб советалъул. Законалда рекъон, гьеб росдае статус кьеялъул суал буго жеги цоцалъа бахъизе ккараб, цебе чӏараб масъала.\nГьединго, Бабаюрт районалда Мингосимуществоялъул ракьалда буго нижер Цадахъ абулеб росу, 900-гӏанасев чи вуго гьенив гӏумру гьабун. Бищун кӏудияб гӏаммаб магӏишат (СПК) буго нижер гьениб. Нижеца мухь кьолел росдал бетӏер, гьесул заместитель, культураялъул хӏалтӏухъабиги ругеб административияб единица буго гьеб. Гӏадамал нижер руго, амма ракь нижер гьечӏо. Жидерго рокъоб прописка гьабизе, рукъалъул зеленка гьабизе рес гьечӏо анцӏ-анцӏ соназ гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазул. Гьеб суалги хӏукуматалъул кверщаликь буго, кигӏанго бокьаниги, нижер хӏалалдалъун роцӏинабун лъугьунаро. Бабаюрталъул гӏадамазе бокьилищ жидедаго гьоркьобе магӏарул росу бачине, гьединго жидер районалда ругел ракьал нижее кьезеги разилъуларо. Миллатчагӏи нилъ гуро, кин бугониги, гьеб суал борхизе рес буго гьениб. Гьеле гьедин, кӏиябго росдал ракьазул масъала гъапуллъараб гӏадин буго гьабсагӏат.\n— Росдал магӏишат гӏуцӏиялъул, гӏи-боцӏи хьихьиялъул рахъ кин бугеб?\n— Советияб заманалдаса нахъего риххизе течӏел, лъикӏаб цебетӏеялъул гӏаммал магӏишатал руго нижер. Аслияб къагӏидаялъ гьел руго гъутабазда. Гьениб буго гӏи-боцӏи хьихьулеб ва бекьулеб 95631 гектар ракьул. Саламатго хайир кьолеб буго пиринчӏ бекьиялъ, гӏибоцӏухъанлъиги нахъе ккун гьечӏо.\nИжараялъе ракь босун кулаби цӏигьарулел, гьенир гӏи-боцӏи хьихьулелги гӏолохъаби руго магӏарухъ. Санайил кӏиго-лъабго грант тӏалаб гьабула росдал магӏишаталда хӏалтӏулезе. Гьеб щвараз лъикӏаб магӏишат гӏуцӏулеб буго. Битӏун бицани, ахихъанлъиялъул бутӏаялда гӏемер туркӏи гьечӏо. Гьединго магӏарухъ тӏубан лъугӏун бугин абизе бегьула бугӏа-ролъ бекьи. Жидеего гӏурал бахчадул гурони, могьолал нигӏматал рекьулел гьечӏо гӏадамаз. Нижер гьаниб гуребги тӏибитӏараб масъала батила гьеб. Цебе гӏадин, захӏмат цӏан яшав гьабизе бокьулеб гьечӏо гьанже. Ихдал-хасалихъе гъутабазде щола ниж, щибаб магӏишаталде раккун, бугеб ахӏвал-хӏалалъул хал гьабула. Гъутабиги руго нижер захӏматал бакӏазда. Масъала буго гӏиял рехъаби риидалил мучӏдузде гочине нухал гьечӏолъиялъул. Гьединлъидал машинабазда рехизе кколел руго, цӏакъ гӏемерал харжалги гьарун. Цо КамАЗ гӏиял магӏарухъе бачине ккани, 45 азарго гъурущ кьезе кколеб буго. Магӏарухъе гочинабичӏого, риидал гъутабаздаго чӏани, ракъдалаб сон бачӏиналъул хӏинкъиги буго. Гьединал соназ гӏи-боцӏи хвеялъул хӏужжаби цӏакъго цӏикӏкӏуна. Авлахъал лъалъазе рес гьечӏо нагагьги бакӏазда, гӏицӏго Аллагьас рахӏмат кьеялде хьулгун рукӏуна гӏи-боцӏухъаби. Гьаб лъагӏалида жанибги, ракъдаллъи ккеялъ гӏезегӏан зарал ккана гӏи-боцӏухъабазе.\nНахъеги тӏад вуссун абила, ракьал рикьиялъул суал хӏакимзабаз Махӏачхъалаялда кабинетазда гӏодор кӏусун тӏубан толеб буго. Малмулкалъул министерствоялъ байбихьудаса ахиралде щвезегӏан мухӏканлъи гьабулеб гьечӏо гӏи гочунеб нух бугел ракьазул. Кагътида номерал лъей гурони, жалго мугӏрузде щун, «гьаб бакӏ нужер, гьаб нижерин» роцӏинабичӏеб мехалъ, гьеб суал масъалаялде сверулеб буго.\n— Рагӏалде рахъарал, мун разиял ишал кинал ругел?\n— Жакъа къоялде гьабун рагӏалде бахъаралъул хӏисаб гьабураб мехалъ, гьаб гьитӏинаб районалъул хӏажалъаби тӏуразе хӏукуматалъ гӏемер гӏарац биччан буго. Гӏайибал чӏвазе гӏедегӏула нилъ хӏукуматалда, амма транспорталъул налог кьезецин бокьуларого рукӏуна. Ахирал соназ налогал ракӏариялъул рахъалъ цебесеб кьерда руго ниж, росабазул бутӏрузги яхӏ бахъулеб буго гьеб рахъ цебе бачине. Араб соналъ 50 миллионгӏанасеб налог бакӏарана нижерго гьаниб, гьебго лъагӏалида жаниб районалъул хӏажалъабазе 200 миллионалдаса цӏикӏкӏун харжалги гьаруна. Гьелги аслияб къагӏидаялъ нухал гӏатӏид гьариялъе, кьоял раялъе ва хъил тӏеялъе. «Мой Дагестан, мои дороги» программаялда рекъон, лъикӏалан сурсатал щвана нижее. Районалда жанире рачӏунеб аслияб шагьранухда хъилалъул кӏиабилеб гъатги лъолеб буго, цоги рахъаздаги жеги унел руго нухазул хӏалтӏаби.\nРосабалъ бакӏарараб налог жидеего пайдаялъе хутӏулеб букӏинги кидаго гуро бичӏчӏулеб халкъалда. Гьитӏинаб-кӏудияб росу батӏалъи гьечӏого, гьениса депутатас жамагӏаталъе хӏажатаб тӏалаб гьабула. Гьезул суалал районалъул сессиялдеги росун, бищун чара гьечӏеб масъала тӏубаялъе гӏарац биччазе хӏукму гьабула.\nГӏемерал машгьурал гӏадамал гьоболлъухъ ахӏула нижеца. Чӏахӏиял хӏакимзабазда, хӏурматиял гьалбадерида бихьизе мустахӏикъаб хӏалалда букӏинчӏо районалъул администрациялъул мина. Гьаб заманалда рекъон, киналго отделазе гӏатӏилъи букӏунеб хӏалалъ, гьеб мина бан бахъунеб буго. Дица абиларо нижеца цӏакъго чӏахӏиял ишал гьарулел ругин гьанир, кин бугониги, районалъул гьумер, гӏадамазул гӏумру берцин гьабулеб гӏезегӏанго хӏалтӏи рагӏалде бахъана тарбия-лъай кьеялъул, сахлъи цӏуниялъул ва цогидал бутӏабазда.\nГьеб киналъего нижерго ракьцояз, ай депутатаз, хъулухъ-ишалъ церетӏураз кӏудияб кумек гьабула. Районалъе гӏаммаб ишалъе гуребги, гӏемерав чиясе киридахъ квербакъулев чи вуго Халкъияб Собраниялъул депутат Сагӏдулаев Мухӏамад. Гьес районалъе гьабунщинаб кумекалъул хӏакъалъулъ бицун хӏал кӏвеларо.\n— Сундаса мун чӏухӏулев, Мухӏидин?\n— Нилъер гьитӏинаб миллаталъул дунялалдаго рагӏараб кӏодолъиялдаса чӏухӏула. Хъвагӏазе кӏолареб, хӏалихьатаб цӏар гьечӏеб миллат буго магӏарулазул. Гьаб миллаталъул гурищ республикаялъул тарих, къадру борхизабулел гӏадамал, цӏарал кидаго рукӏарал. Кигӏан кӏудияв хӏакимасухъе унев вугониги, дида кӏочонаро дун щиб миллаталъул чи вугевали. Гьелъул къадруялда рукӏине лъайги бажариги – гьеб буго цоги суал. Гьеб кӏочене бегьуларо нилъеда, хадур гӏун рачӏунезеги миллияб кӏваралъул бичӏчӏи кьезе ккола. Гьединго чӏухӏула чӏарадисезул ракьалдаса дунго ватиялдаса, кир ругониги, дирго ракьцоязул цебетӏеялдаса вохула. Нижеца кӏванагӏан хӏаракат бахъула цӏар рагӏарал спортсменазулгун цоги машгьурал гӏадамазулгун гӏолилазул дандчӏваял гӏуцӏизе. Цӏиял гӏелазе мисаллъун рехсезе дагьав чи гьечӏо нилъер. Хас гьабун чӏарадисезул бицани, цоцалъ гъункарал гӏадамал руго ниж. Политикаялъул яги цоги рахъазда рагӏи дандеккунгутӏи букӏине бегьула нижер, амма ахиралда цо гӏаммаб, киназего пайдаяб пикруялде рачӏуна. Гьеб миллатчилъи гуро, нилъерго ватӏан бокьи буго. Гьитӏинаб ватӏан цӏунулев кӏудиялъеги хилиплъуларо.\n— Нилъер заманаялъ гӏадамазулъ дуе рихараб гӏамал?\n— Гӏадамал мукъсанлъун руго, цере гӏадинал ракӏ гӏатӏидал гьечӏо. Магӏарухъгицин гьединал гӏадамал ратидал ракӏ унтула. Гьитӏинаб мехалъ мадугьаллъиго гӏагарал чагӏиян кколаан нилъеда. Гьанже жалго жидеего гӏун руго гӏадамал, цоцазул гӏунгутӏи хъирщун гьеб къватӏиб чӏвазабулеб буго. Кӏвар гьечӏолъи, бергӏорцӏунгутӏи – гьел гӏаламаталги гӏемер загьирлъулел руго.\n— Сунца пашман гьавулев?\n— Кигӏанго дирго рекӏее бокьаниги, кинавго чиясул мурад тӏубазабизе рес гьечӏолъиялъ. Халкъги тӏад ругелги рази гьарун лъугьунарого букӏуна. Магӏарухъа гӏадамал гочунел руго, росаби чӏороголъулел руго – гьелъ пашман гьавула. Магӏишат-яшав гӏуцӏулаго, гӏаданлъи, гӏадатлъи, чилъи билизе тун бихьидал, ракӏ унтула.\nГара чӏвари гьабуна Патӏимат ГЬИТӏИНОВАЛЪ."}
{"slug": "12494-kurul-rizharal-tiugdul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12494-kurul-rizharal-tiugdul", "title": "Кьурулъ рижарал тӏугьдул", "date": "2021-06-04 11:53:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "31 маялда Махӏачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана «Нилъер къуват – цолъиялъулъ» абураб Дагъистаналъул руччабазул иргадулаб форум. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса гурелги, Россиялъул цогидал регионаздаса руччабиги.\nЖамгӏияталда гьоркьоб жакъа чӏужугӏаданалъул бугеб кӏваралъул бицана республикаялъул миллиял ишазул рахъалъ политикаялъул министрасул ишал тӏуралев Энрик Муслимовас, Дагъистаналъул руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ ва тадбиралда кӏалъазе рахъарал цогидалги руччабаз.\nДандеруссин байбихьана ГТРКялъ бахъараб «Цветы на скалах» абураб видеофильмалдалъун. Гьениб бицунеб букӏана республикаялъул маданияб, адабияб гӏумруялда ва тарихалда лъалкӏал тарал руччабазул хӏакъалъулъ. Масала, ракӏалде щвезаруна Фазу Гӏалиева, Хӏапизат Хӏамзатова, Мариям Ибрагьимова, Патӏимат Чурланова ва цогидалги. Гьединго бицана жакъаги республикаялъул гӏумруялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабулел руччабазул хӏакъалъулъги. Гьединаздасан ккола республикаялъул культураялъул нухмалъулеллъун хӏалтӏарал Наида Гӏабдулхӏамидова, Зумруд Сулейманова ва цогидалги.\nФорумалъул гӏахьалчагӏазе видеороликалдасан салам кьуна Россиялъул руччабазул союзалъул председатель Екатерина Лаховалъги. Тадбиралъул хӏурматиял гьалбаллъун рукӏана Ставрополь краялдаса Людмила Горовенко ва Александра Гусева.\n— Жакъасеб гӏумруялъулъ кӏудияб кӏвар буго чӏужугӏаданалъул. Гьелъул хӏеренлъи-хӏалимлъиялдаги недегьлъиялдаги кӏола кигӏан согӏаб рагӏиги къезабизе. Чӏужугӏаданалъул ракӏ даим гьалделеб букӏуна. Гьелъул пикрабазе бакӏлъи кьолеб буго жакъа дунялалда кколел ругел рагъулал тункагӏусиязги сабру тӏагӏараз ракьалда бекьулеб вахӏшилъиялъги. Гьелъул гӏанчӏал анищазда гӏумруялъ лъолел руго согӏал ругънал. Амма чӏужугӏаданалъул ракӏ гьелъ чараналде сверизабулеб буго.\nГьединай йиго жакъасей дагъистанияй – кигӏан захӏматалги къуватазда асир гьайизе кӏоларей. Кьурабазда рижарал тӏугьдул – гьеле гьединаб берцинаб сипаталъе мустахӏикъай йиго жакъа Дагъистаналъул чӏужугӏадан. Согӏал, хъачӏал кьурабалъан баккизе ккани, кигӏан кӏудияб лъадари къваригӏунеб тӏогьое. Гьеле гьединаб лъадаригун, къо хӏехьейгун ячӏуна чӏужугӏадан ракьалде. Ва гьелъул буго цӏакъго багьа тӏадегӏанаб борчги — ракьалда гӏумру тӏегьазаби ва гьеб цӏуни – гьединаб букӏана тадбиралда киналго кӏалъаязул магӏнаги.\nФорумалъул кӏиабилеб бутӏа сайгъат гьабун букӏана руччабазул шалазе. Тадбиралде рачӏарал гӏемерисел руччаби берцин гьарун рукӏана чӏварал шалаз. Щибаб шалалъул — жиндирго тарих, жиндирго къисмат.\nАслияб къагӏидаялда гьел цӏунун рукӏуна улбуз жидерго ясазе ва гьезги жидерго ясазе кьезе. Гьедин, наслабаз наслабазухъе кьун, цӏунула чӏужугӏаданалъ жиндирго шалалъул къадру-къимат. Гьединаб букӏана Махӏачхъалаялъул Ленинил цӏаралда бугеб майданалда тӏобитӏараб руччабазул шалазул фестивалалъул магӏнаги.\nГьенирго рихьизарулел рукӏана, ботӏрода чӏолеб хӏалалда, берцинго шалал чӏвазе малъиялъул мастерклассалги.\nШ. ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "12570-shikhsagiidov-ana-49-son-tial-iyaldagi-ban", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12570-shikhsagiidov-ana-49-son-tial-iyaldagi-ban", "title": "Шихсагӏидов ана, 49 сон тӏалъиялдаги бан", "date": "2021-06-10 12:41:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахираб микьго соналъ ДРялъул Халкъияб Собраниялъе спикерлъиги гьабун, Хизри Шихсагӏидов хӏалтӏудаса нахъе ана 9 июналда. Иргадулаб гуреб сессиялда депутатаз гьединаб хӏукму гьабуна.\nЗаманаялъ спикерасул хъулухъ тӏадкъарав Халкъияб Собраниялъул вице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовас сессиялъул байбихьуда абуна Шихсагӏидов хӏалбихьи бугев политикги кколин, гьесул хӏакъалъулъ лъикӏаб гурони бицинеги бицунарин абун.\nАмма живго гьев сессиялда гӏахьаллъичӏо. Сайгидахӏмад Ахӏмадовас бицухъе, Хизри Шихсагӏидов радал кӏалъан вуго гьесухъе жиндир рахъалдаса депутатазе баркала кьейинги абун.\nШихсагӏидов Халкъияб Собраниялъул нухмалъиялдаса унев вукӏин лъана 7 июналда. Парламенталъул аппараталъул данделъиги гьабун, гьес абун буго жив хӏалхьиялде унев вугилан.\nХизри Шихсагӏидовги нахъе ун, гьеб отделениялъул секретарьлъи гьабизе тӏадкъана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасда.\nНахъисеб къоялъ лъана Х. Шихсагӏидовас парламенталъулгун къо-лъикӏ гьабулеб букӏинги. Гьес социалиял гьиназда хъвалеб букӏана жинца депутатазда гьаранила жив мустахӏикъаб хӏалхьиялде виччайин абун.\nЦинги хадубго Инстаграмалда суратги лъуна Шихсагӏидовас – батӏи-батӏияб ригьалъул гӏадамазул кӏудияб къокъа бугоан гьесда сверухъ чӏун. Гьелда гъоркь хъван руго гьадинал мухъалги: «Пенсиялде ине хӏукму гьабун бахъиналдего дихъе батӏи-батӏиял бакӏаздаса гӏадамал рачӏине лъугьана дир рахъкколеб букӏинги бихьизабун. Кутакалда лъикӏаб республика буго нилъер. Гьеб цӏунизе ккола нилъеца. Дагъистаналъул нухмалъиялъеги бергьенлъаби гьаризе бокьун буго. Хьул буго халкъалдаги гьеб бичӏчӏилин», — абун.\nИнтернеталда гӏезегӏан чагӏаз лъун руго Хизри Шихсагӏидовасда хурхун жиде-жидер пикрабиги, ай лъикӏалги квешалги.\nМасала, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевас хъвалеб буго Пачалихъияб Советалъул председатель Мухӏамадгӏали Мухӏамадов политикаялдаса нахъе анила 76 сон байдал, Хизри Шихсагӏидов анила 74 сонил ригьалде вахиндал.\n«Шихсагӏидовасулгун лъай-хъвай буго дир, амма гьудуллъи гьечӏо. Дие гьесулъ бокьулаан гӏадамалгун гъорлъ восун вукӏин, гӏадатлъи, киназдехунго адаб букӏин. Сессия байбихьизе кӏиго минут хутӏидал, Шихсагӏидов залалдаса гӏебеде хьвадун, сессиялде ахӏарал нижгун гара-чӏварун, киназего салам кьолев вукӏунаан.\nГьев вуго политикаялда рукӏунел хӏаялги ричӏчӏулев, кӏудияб хӏалбихьиги бугев политик. Гьединлъидал гьесда кӏолаан батӏи-батӏиял политикиял къуватазда гьоркьоб рагӏи бицине, гьезулгун хабар рекъезабизе.\nИнтернеталда хъвадарулел дагъистанияз, щаялиго, гьесул бищун кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏунеб буго 49 соналъ тӏалъиялда хутӏи.\nХизри Шихсагӏидовасул бакӏалда заманаялъ Сайгидахӏмад Ахӏмадов таниги, жеги лъаларо хадув гьенив щив тасдикъ гьавилевали. Гьеб лъазе буго сентябралда рукӏине ругел рищиял тӏоритӏун хадуб."}
{"slug": "12572-shojgu-kaspijskiyaldagun-makhiachkh-alayalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12572-shojgu-kaspijskiyaldagun-makhiachkh-alayalda", "title": "Шойгу – Каспийскиялдагун Махӏачхъалаялда", "date": "2021-06-10 12:44:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кӏиго соналъ цебе Астраханалдаса Каспийскиялде гочараб Каспиялъул флотилиялъул хӏал-хӏукму цӏехезе 8 июналда Дагъистаналде вачӏун вукӏана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу.\nГьев щвана цадахъго 50 гама чӏезе бажарулеб база балеб бакӏалде. Хадуб министрас хал гьабуна рагъулал хъулухъчагӏазе флотилиялда чӏезарурал шартӏазухъ. Гьедин, масала, гьезул хъизамазе ран руго 528 квартира жаниб бугеб кӏудияб комплекс, ясли-ах, тукаби, 1200 лъимералъе бакӏ бугеб школа.\nГьебго къоялъ Сергей Шойгу дандчӏвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовгунги. Гьез бица- на Оборонаялъул министерствоялъ мугӏрузул районазда социалияб кӏваралъул 73 школагун ясли-ахал разе рукӏиналъул.\nПачалихъияб кӏваралъул рагъулал заказал кин тӏуралел ругелали хал гьабизе министр щвана «Дагъдизель» заводалдеги.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "12573-bertadul-tepsidal-tiagiamal-ukh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12573-bertadul-tepsidal-tiagiamal-ukh-e", "title": "Бертадул тепсидал тӏагӏамалъухъе", "date": "2021-06-10 12:48:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Авар театралда цебе гьелъул актеразул квербакъиялдалъун махӏачхъалаялъулал, тахшагьаралъул гьалбал, гьединго туристал щвана умумузул гӏадатазухъе гьоболлъухъе.\nГьаб нухалда – магӏарул берталъ букӏараб зурма-къолол гьаркьихъе сверуде кӏанцӏаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏана.\nГьалеха доб, магӏарул бертин. Хъван пандургун ахӏулеб кечӏги, дагьалъ дорегӏан цӏурачадал гьарулел руччабиги, магӏарул чӏагӏаги, чӏагӏдал цӏураб лълъарги, сухӏматалде рачӏаразе гьоболлъи гьабулел, бер- тадул тепсиялъухъе гьел ахӏулел бахӏаразул гӏагарлъиги, цин бихьиназ, цинги руччабаз ахӏулеб магӏарул кечӏги, бертадул сверудаса нахъе ине бокьун гьечӏел гьалбалги.\nГьеле гьединаб рахӏатаб, сахаватаб, рохалил цӏураб къо сайгъат гьабуна Авар театралъул актераз дагъистаниязе. Гьеб тадбиралъул аслияб мурадги букӏана наркотиказде данде цадахъ рекъон къеркьеялде гӏолилал ахӏи.\nШ. ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "12575-dgpuyalda-rukhi-rechichiuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12575-dgpuyalda-rukhi-rechichiuleb-bugo", "title": "ДГПУялда «рухӏ речӏчӏулеб» буго", "date": "2021-06-10 12:53:36", "categories": ["obrazovanie"], "text": "3 июналда «Дагъистан» РИАялда ДГПУялъул ректорасул ишал тӏуралев Нариман Асваров дандчӏвана журналисталгун.\nГьес бицана живго гьеб хъулухъалде тӏамуралдаса араб кӏиго моцӏида жаниб университеталда ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ.\nН. Асваровасул рагӏабазда рекъон, бищун гьев разияб жо ккун буго ахираб кӏиго соналъ хӏалтӏулеб букӏинчӏеб университеталъул гӏелмияб совет цӏигьабизе кӏвей.\n«Сах-саламатаб советги гьечӏого, университеталъул хӏалтӏи цӏакъ нахъе ккун букӏана. Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, гьелде кӏвар кьуна.\nАхирал соназда педуниверситет киназулго бади-кӏалдиб къан букӏана: бицунебщинаб хабарги гӏемерисеб лъикӏаб букӏинчӏо. Гьелъие гӏайибиял цӏехезе дун лъугьинчӏо ва гьаниб гьезул бицине бокьунги гьечӏо. Диде щвезегӏан букӏараб жоялъул вала-рахас гьабизе къваригӏарав чи гуро дун, гьелъ кьезе жоги гьечӏо. Хӏажат буго республикаялдаго машгьураб цӏалул идараялъул хӏалтӏи чӏаголъизабизе. Гьелъие гӏоло бажарарабщинаб гьабизеги буго», — ян абуна Асваровас.\nХадуб гьес бицана казначействоялда ДГПУялъул счётал къан рукӏиналъ жидее гӏемерал квекӏенал кколел ругиланги.\n«Гьел къаялъ тӏуран кверал рухьун рукӏана нижер. Кредитораз гьукъун рукӏана университеталъул машинаби, техника, гьединго цогидаб буголъи бича-хисизе. Гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда хиса-баси гьабизе кӏвана. Гьанже кредитораз цӏидасан счётал рагьана», — ян бицана вузалъул ректорасул ишал тӏуразарулес.\nГьес баркала загьир гьабуна педуниверситеталда ругел гӏунгутӏабиги рихьун, гьел лъугӏизаризе квербакъарав республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасе.\n— Цӏакъ хашаб, хӏалуцараб къагӏидаялда батана дида педуниверситеталда хӏалтӏухъабазулгун студентазул цоцаздехун бугеб бербала- гьиги. Бачӏинахъего гьелде кӏварги кьуна. Мугӏалимзаби рикӏкӏинчӏого, цохӏо студентазул вуго гьенив 5000 чи. Гьел киналго дандеги ракӏарун, ракӏ рагьараб хабар бицана. Гьелъул хӏасилги квешаб ккечӏо.\nХӏасил-калам, педуниверситеталъул гӏумру кьучӏдасанго хисизабулеб буго нижеца. Гьелъие кумек гьабулеб буго федералияб министер- ствоялъги республикаялъул нух- малъулесги. Гьеб гуребги, вузалъе кумек гьабизе бокьарал гӏадамалги ахӏун, педуниверситеталда гӏатӏидаб данделъи тӏобитӏана 20 маялда. Гьел- да гӏахьаллъи гьабуна республика- ялъул киналго муниципалитетазул вакилзабазги. Гьениб хӏукму ккана хадубги педуниверситеталъулгун гьоркьоблъи щула гьабизе.\nЖакъа педуниверситет ккола мугӏалимзаби хӏадур гьарулеб, республикаялда бугеб бищун аслияб тӏадегӏанаб цӏалул идара. Жидее учительзаби хӏажатал росабигун шагьарал абуни гӏемер руго.\nНужедаго лъан букӏине, дагьав цевегӏан нижехъе кӏалъан вачӏана Гъизляр шагьаралъул мэрасул заместитель. Гьес бицана жидее 47 учитель хӏажат вугин. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго Буйнакск шагьаралдаги. Гьезие къваригӏун вуго 27 мугӏалим. Официалияб статистика босани, республикаялъе къваригӏун вуго 220-гӏанасев учитель. Хӏатта, нижергун бухьеналда рукӏунел муниципалитетаздаса щварал баянал хӏисабалде росани, жеги кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун учитель хӏажат вуго, — ян бицана Нариман Асваровас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, заочно цӏалулелги малъун, 15 азарго студент вуго жакъа педуниверситеталда. Гьелгощинал чагӏазда гьоркьо- са щибаб соналъ цӏалун рахъарал мугӏалимзабазул къадарги гьитӏинаб батиларин, гьеб мехалъ щайха республикаялъул школазда учительзабазул гӏунгутӏи загьирлъун бугебин суал кьуна журналистаз гьесие.\nБатӏаго жинца гьабсагӏат хас гьабун бицинчӏониги, лъиениги балъгояб жо гурин, мукъсанаб хар- жалъухъ учительлъун хӏалтӏизе ине гӏолохъанал выпускниказе бокьи- зехъин гьечӏолъиян абуна Н. Асваровас. Гьеб бугила аслиял гӏиллабазул цоябги.\n— Кӏиабизе босани, мугӏалимзаби кир къваригӏун ругел? Районаздагун шагьаразда гурищ? Гьеб мехалъ щайха муниципалитетазул бутӏруз гьеб суалалде кӏвар кьолеб гьечӏеб? Дицайищ гьезда малъизе кколеб нижехъе кӏалъазе, учительзаби хӏажат ругилан кагътал ритӏизе. Гьел жалго щай рагъа-рашаруларел,- ин, МОязул нухмалъулездаса бугеб разилъи гьечӏолъиги загьир гьабуна ректорасул ишал тӏуралес.\nАмма гьесие асар гьабун бугоан РФялъул просвещениялъул министр Сергей Кравцовас. Дагьаб цебегӏан Иркутскиялда букӏараб цо данделъиялда живго аскӏовеги вачӏун гьес Асваровасда абун буго жинда лъалин ДГПУялда ругел гӏунгутӏаби ва рагӏи кьун буго кӏвараб кумек гьабизе.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12576-finansazul-ministr", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12576-finansazul-ministr", "title": "Финансазул министр", "date": "2021-06-10 12:58:33", "categories": ["barkiyal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасул Указалдалъун хъулухъалда тасдикъ гьавуна финансазул министр Юнус Сагӏадуев.\nГьанжелъизегӏан рехсараб идараялъе гьес заманаялъ нухмалъи гьабулеб букӏана.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула гьесда гьеб хъулухъ ва гьарула хӏалтӏулъ бергьенлъаби."}
{"slug": "12650-khikhize-l-imal-rachunel-kh-izamal-tsiikikiunel-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12650-khikhize-l-imal-rachunel-kh-izamal-tsiikikiunel-rugo", "title": "Хьихьизе лъимал рачунел хъизамал цӏикӏкӏунел руго", "date": "2021-06-17 13:30:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялдаса гурелги, Астраханалдаса гьалбалги рачӏун, гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана хьихьизе рачарал лъималазул улбузул данделъи. Миллияб библиотекаялда гьеб байбихьилалде форумалъул гӏахьалчагӏи щвана Махӏачхъалаялъул централияб мажгиталде, хадур — хьихьизе лъимал рачарал хъизамазе кумекалъе Дербенталда гӏуцӏараб централде.\nДРялда хъизамазулгун лъималазул ихтиярал цӏунулей вакил Марина Ежовалъ абуна бесдал лъималазда хурхун Кавказалъул республикабазда киналгӏаги масъалаби гьечӏилан ракӏалде кканиги, гьел гӏезегӏан ругин, амма рехун тарал яги бесдаллъарал лъималазул рагьун бицунеб гӏадат гьечӏин.\nГьениб бицухъе, жакъа къоялда республикаялда буго хьихьизе лъимал рачараб лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун хъизан.\nГьединал хъизамал тӏадеялдаса-тӏаде гӏемерлъулелги руго. Гьединлъидал, кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏолъиялъ, республикаялда къана лъималазул кӏигониги рукъ.\nХадурккунги гӏадамаз лъимал хьихьизе рачиналде кӏвар буссинабизе кколин абуна журналист ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу Лейла Хӏамзатовалъ. Гьединлъидал Махӏачхъалаялда гьединал эбел-инсул форум тӏобитӏизе кколин абураб пикру загьир гьабуна ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасе гьелъ. «Рагьараб эфиралдасан» гьес дагъ истаниязул суалазе жавабал кьолеб мех букӏана гьеб.\nЧанго соналъ цее хъизамгун цадахъ Лейла Каспийскиялдаса Крымалде гочана. Гьелъул жиндирго йиго цо яс.\n— Тӏоцеесей яс хьихьизе ячунеб мехалда нилъер гьаниб къанагӏатаб жо букӏана гьеб – хьихьизе лъимал рачин. Нилъерго лъимал гӏадин, нилъедаго тӏадги хъван яги къайимлъиги гьабун гуро гьел рачунел. Гьеб буго лъимал хьихьиялъул батӏияб къагӏида. Тӏалаб гьабизе гӏагарлъиги гьечӏел, амма лъицаниги жидеегоги рачунарел лъимал рукӏуна гьел.\nГьедин дица 2014 соналда хьихьизе ячана ичӏго сон барай яс. Диде щвезегӏанги, лъабго сон баралдаса нахъе цогидаб хъизамалдаги хьихьулей йикӏун, гӏакълу-лъаялъул рахъалъ нахъе ккарай йигилан, Каспийскиялъул микьабилеб детдомалде кьун ятана гьей.\nБайбихьуда гӏезегӏан литература цӏалун, махщелчагӏигун кӏалъан, гьей яс хьихьизе ячине хӏадурлъулей йикӏана дун. Амма гьей рокъое ячун хадуб кутакалда къо бихьизе лъугьана дида. Гӏарзахъдулей йигиланги ккоге дун.\nПалхӏасил, исана тӏаде гӏунтӏана гьей нижер хъизамалдаса нахъе ине бихьизабураб болжал. Амма букӏаниги, гьей нижеда цадахъ йиго. Гьалщинал соназда жаниб гьелъул гӏумруялъул лъикӏаб рахъалъ хисабасиялги ккана. Марина буго гьелда цӏар», — абун бицана Л. Хӏамзатовалъ.\nМарина ячун хадуб кӏиго соналдасан Лейлаца жеги ункъо яцги ячана хьихьизе. Гӏумру гьабизе шартӏал бигьаяб бакӏилан гьел Крымалде гочана.\nГьелъ бицана пачалихъалъ жидее бихьизабураб кумек тӏалаб гьабулаго дандчӏварал квалквалазул хӏакъалъулъ.\nГьединлъидал Лейла Хӏамзатовалъ рикӏкӏунеб буго республикаялда жий гӏадал улбузул хасаб клуб гӏуцӏани, гӏемерисел суалал тӏураялъе квербакъизе бугин абун.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "12651-kavkazal-ul-tsag-ur-bechel-ize-sanagial-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12651-kavkazal-ul-tsag-ur-bechel-ize-sanagial-abi", "title": "Кавказалъул цагъур бечелъизе санагӏалъаби", "date": "2021-06-17 13:34:20", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 июналда Пятигорскиялда. РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинил нухмалъиялда гъоркь данделъун рукӏана Северияб Кавказ социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъул суалазул рахъалъ гӏуцӏараб хӏукуматалъул комиссиялъул вакилзаби. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги.\nСеверияб Кавказалъул республикаби церетӏеялъул мурадалда, ахирал соназда къабул гьарурал хӏукуматалъул програм мабаз разияб хӏасил кьечӏин абуна хӏукуматалъул премьерас. Гьедин го гӏемер ругила тӏурачӏого хутӏарал масъалабиги:\n— Масала, Кавказал да руго гӏемерал гӏолохъаби, амма гьечӏо хӏалтӏизе бакӏал. Хӏалтӏи гьечӏезул къадар тӏадеги цӏикӏкӏана коронавирус сабаблъунги. Тӏолабго улкаялда бугеб хӏалалъухъ бала гьани, Кавказалда хӏалтӏи гьечӏого ругезул къадар цӏикӏкӏун буго 2,5 нухалъ.\nГьединго гӏемер руго инфраструктураялъул рахъалъ гӏунгутӏабиги. Нухазулгун коммуналиял хъулухъазул рахъалъ загьирлъарал гӏунгутӏаби цӏикӏкӏун гурони дагьлъулелги гьечӏо. Экономикаялъул рахъалъги Северияб Кавказалъул республикаби церетӏун ругин рихьизарулел тарихал, цогидал регионазде дандеккун, мукъсанал руго.\nАмма бищунго аслияб гӏунгутӏилъун буго, масала, Северияб Кавказалъул республикаби федералияб тӏалъиялъ кьолел дотациялъул гъурщазда рараллъун хутӏи. Хӏажат буго гьел регионал жалго жидецаго хьихьулел ресал ралагьизе, — ян абуна М. Мишустиница.\nСеверияб Кавказ цебетӏеялъе ругел ресазда гьоркьор гьес рехсана росдал магӏишатги, гьединго туризм цебетӏейги.\n— Кавказалъул экономика цебе туркӏизабизе бищунго къуват бугеб бутӏалъун дица рехсела туризм. Цохӏо Россиялдаса гуребги, къватӏисел улкабаздасаги гьалбал къабул гьаризе кӏудиял ресал руго жакъа нужер. Цохӏо риидал гуребги, хасалоги туристазе санагӏалъаби чӏезаризе шартӏалги квегӏенлъабиги руго гьанир.\nГьединго экономикаялда рухӏ речӏчӏизабизе рес бугеб бутӏалъун дида бихьула росдал магӏишатги. Пастӏадул нигӏматги, пурчӏинаги ва цогидабги бекьизе бегьулел ракьал руго нужер. Росдал магӏишат цебетӏолеб буго. Мисалалъе, гъор кьиса пихъилгун пастӏабазул нигӏматал ракӏариялъул рахъалъги Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккуна тӏоцебесеб бакӏ. Амма бугелда гӏей гьабун чӏезе бе гьуларо, хӏажат буго хӏалтӏизе ва экономика бечед гьабиялъе цӏиял ресал ралагьизе, — ян абуна РФялъул хӏукуматалъул премьерас.\nГьединго Мишустиница бицана Кавказалъул республикабазда кови далда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал- хӏалги.\n— Гьеб унтудаса нилъго цӏунизе бищунго лъикӏаб нух жакъа буго вакцинация. Президент Путинил тӏадкъаялда рекъон, улкаялда киса- кибего унеб буго чӏобого привика гьабиялъул тадбир. Гьеб ресалдаса пайда босе нужецаги. Вакцина гьабиялъул иш тӏаса-масаго тоге, — ян абуна М. Мишустиница.\nГьединаб букӏана Пятигорскиялда Михаил Мишустиница тӏобитӏараб данделъиялъул къокъаб хӏасил. Гьелда тӏасан жиндирго пикраби загьир гьаруна Сергей Меликовасги. Хӏукуматалъул нухмалъулес цере лъурал масъалаби кӏвар бугел ругин Кавказ цебетӏеялъеян абуна гьес.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12664-bosuge-giuzhie-bertsinl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12664-bosuge-giuzhie-bertsinl-i", "title": "Босуге гӏужие берцинлъи", "date": "2021-06-18 07:58:59", "categories": ["tab"], "text": "Киса-кирего магӏарухъ, росабазда аскӏор ва гьезул рагӏал лъабаздацин чакъалал кутакалда гӏемерлъун ругин, гьез гӏисинаб гӏи-боцӏи толеб гьечӏин, батӏи-батӏиял рахунел унтаби гьездасан тӏиритӏиялдаги цӏикӏкӏараб хӏинкъи бугин абурал лъазабиял редакциялде гӏезегӏан рачӏана. Гьеб суал мухӏкан гьабизелъун ниж щвана Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялде. Гьеб министерствоялъул «Дирекция ООПТ, охраны животного мира и водных биоресурсов» РКУялъул нухмалъулевлъун Расул Гӏумаров тӏамуралдаса буго кӏиго моцӏгӏанасеб заман. Гьесулгун буго нижер жакъасеб дандчӏвайги.\n— Расул, тӏоцебесеб иргаялда, баркула дуда цӏияб хъулухъ, баракатаб батаги гьеб. Цо-цо хӏакимзабазул кабинетазда рихьулел бакӏазда лъун рукӏуна пачалихъалъул ялъуни республикаялъул бутӏрузул, министразул суратал. Дур гьанибин абуни столалда тӏад буго Сталинил гьитӏинаб бюст ва къеда бан буго имам Шамилил кӏудияб сурат…\n— Сталин вуго пачалихъ цӏунарав, вахӏшияв тушманасда тӏад бергьенлъи босарав чи. Гучаб пачалихъалъул бетӏер вугониги, гьев вукӏана гӏадатияв, Ватӏан тӏегьазабиялъул, бечед ва щула гьабиялъул гурони, жиндиего щибниги щвеялъул тӏалаб букӏинчӏев инсан.\nГьединлъидал гьев вуго дирги дун гӏадинал гӏемеразулги рекӏелъ. Шамилги вуго кӏудияв имам, кӏудияв инсан. Гьев вуго нилъеца кидаго къимат гьабизеги, къадру цӏунизеги тӏадав, абадиялъго нилъее мисаллъун вугев чи.\n— Киназдаго лъала гьев кӏиявго кьварарал нухмалъулел рукӏараблъи. Дулъ бугищ гьединаб хасият?\n— Кьвариялъул рахъалъ дие къимат кьела дир нухмалъулез, дунгун хӏалтӏулез. Амма дие бо кьула ритӏухълъи, хӏехьоларо мекъаб-тӏекъаб, данде кколаро гӏадлу- низам гьечӏолъи. Дун хӏалтӏулеб бакӏалда тӏалаб гьабула хӏалтӏул лъикӏал хӏасилал.\n— Нужер идараялъ щиб хъулухъ тӏубалеб?\n— Нижер вуго 100-гӏанасев хӏалтӏухъан ва бербалагьиялда гъоркь буго 12 заказник. Республикаялъул батӏи-батӏиял районазда ругел за казниказда чӏезарун руго егерал, охотоведал. Нижеца гьенир цӏунула гӏалхул хӏайванал, рекъезабула гьезул къадар, биччаларо лицензия гьечӏого чан гьабизе.\n— Магӏарухъ ахираб заманалда гӏемерлъун руго чакъалал. Гӏадамазе бугеб рахӏатхвеялда тӏаде гӏи-боцӏуе гьез гьабула зарал. Кинаб гӏиллаялдалъун гьединаб хӏал бугеб ва гьелда хурхун щиб гьабизе кколеб гӏадамаз?\n— Гьелъие ругел гӏиллабилъун ккола, я гьанал, я къехьалъул рахъалъ чанахъанасе кинабгӏаги пайда гьечӏел рукӏинги, гьел чӏвазе биччалеб ва чӏваралъухъ пачалихъалъ кьолеб гӏарац гьечӏолъиги. Кин бугониги, яхӏ бахъула гьезул къадар рекъезабизе.\n— Заказниказда нужеца гьединаб хӏалтӏи гьабуниги, гьезда гьоркьоре унарел росабазул гӏадамаз щибха гьабизе кколеб?\n— Лъазабизе ккола нижеда. Заманалда, сезоналда бараб жоги гьениб гьечӏо. Гьединаб гӏарз букӏун хадуб нижер хӏалтӏухъаби (чанахъаби) уна гьенире ва чӏвала чакъалал. Нижедаги щибго абичӏого, жалго лъугьун гьел чӏвазе, ялъуни гьезие загьру рехизе лъилго ихтияр гьечӏо, гьедин гьабизеги бегьуларо. — Гьелдаго цадахъ пасатго цӏикӏкӏун бугин бацӏазул къадарин абунги гӏарзал руго гӏухьбузул… — Чӏвараб щибаб бацӏихъ советияб заманалда пачалихъалъ кьолаан гӏарац, гӏиял бетӏергьабазги кьолаан 1-2 гӏиялъажо. Гьеб низам тана ва гьелда рекъон гӏемерлъана бацӏалги. Амма нижедаги лъазабичӏого, чанахъанлъиялъе лицензия (гьеб кьола нижер министерствоялъул хасаб отделалъ), гьелъие хӏажалъулеб чанахъанасул билет ва ихтияр бугеб ярагъ гьечӏого, гьел чӏвазе лъилго ихтияр гьечӏо. Нагагьлъун чӏвани, цӏазе бегьула тамихӏалде. Нижеда лъазабун хадуб нижер хӏалтӏухъабаз тӏубала гьеб масъала. Кӏиабилеб сон буго гьел чӏвазе пачалихъалъ гӏарац биччаралдаса, ва июль моцӏалдаса нахъе байбихьизе буго гьеб хӏалтӏиги.\n— Гӏемерал гӏарзал рукӏуна Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Цӏумада районазда чӏван лъугӏизарулел ругин бисал, ритӏучӏал абун. Бугищ гьедин?\n— Гьединал гӏарзал рукӏуна, амма хал гьабидал гӏемерисел ратула гьересиял. Камуларо лицензия гьечӏого бисал чӏваялъул хӏужжабиги. Гьел загьирлъун хадуб нижеца толаро тӏадаб хӏалтӏи гьабичӏого.\n— Бисал чӏвазе лицензия кьеялъе кинаб хӏажалъи бугеб?\n— Гьеб буго, дудаго гӏадин, дидаги бичӏчӏулареб жо. Бокьарабгӏан гӏиялги хӏайваналъулги гьан бугеб гьаб заманалда, бис гӏужие боси дица кинго къабул гьабуларо.\nГьелдаго цадахъ дие бокьилаан нилъер тӏабигӏатги рухӏчӏаголъиги бокьулел гӏадамал гӏемерлъизе. Квеш ккараб жо буго къойидаса къойиде гьел дагьлъулел рукӏин.\nЦӏуне нилъерго тӏабигӏат, сверухъ бугеб берцинлъи. Гьеб буго наслабазе нилъеца толеб бечелъи.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "12665-bag-atar-sipatal-va-suratal-studentasul-khiak-al-ul-ocherk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12665-bag-atar-sipatal-va-suratal-studentasul-khiak-al-ul-ocherk", "title": "Багъатар: сипатал ва суратал (студентасул хӏакъалъулъ очерк)", "date": "2021-06-18 08:09:17", "categories": ["insan"], "text": "Бищун гвангъараб чирахъ\nГьорода хех бихьула.\nГьав ниж, гьудулзабазулъ\nБищунго цеве хвана.\nРасул ХӏАМЗАТОВ\nАбула, студентал ургъел гьечӏеб, гӏанчӏаб, цокӏалаб хасияталъул «къавм» бугилан. Амма щивав чиясул гӏамалалъул, муруваталъул, букӏинесеб махщел-пишаялъул — сундулго гӏаламатал — «гӏанчӏлъиги цокӏаллъиги хъвалхьун», цудунго загьирлъун ратула, аскӏор ругез кӏвар гьабичӏониги.\nБагъатар нилъедаса ватӏалъаралдаса 40-ялдаса цӏикӏкӏун сон аниги, жакъа гӏадин цебе чӏола гьесул сипат, гӏамал-хасият. Щуго соналъ цадахъ цӏалулаго, ккарал гара-чӏвариял, рукӏарал лъугьа-бахъинал, гӏолохъанлъуда, гӏемерисез ургъичӏого гьарулел рукӏарал «гӏалагъважаби». Ахӏичӏониги бачӏуна гьесул хӏал «тӏаде рехун».\n«ГЬАСУЛ ЦО ЧИ ВАХЪУНА»\nСоветазул заманалда адабият лъазабулелъул, гьелъул бицунаго, мугӏалимзабаз, студентаз бихьизабизе кколаан щибаб литературияб асаралъулъ классияб магӏна букӏин. Гьеб гьечӏого бегьулароан, гьеб загьир гьаби букӏана тӏадаб парз. Ракӏалда буго, Цӏадаса Хӏамзатил кучӏдузулъ «классовость» балагьулаго, кӏиабилеб курсалда нижер аваразул отделениялъул студентазул цо къокъаялъул ккараб гьитӏинабго бахӏс. Дагӏбаялъул хасиятго гьединаб бугелъул – цоязда батана гьеб «классовость», цогидал дугъдан чӏун рукӏана гьеб киса-кибего букӏине кколеб жо гурилан. Жеги таманаб заман базе букӏун батила нижеца гьеб «дагӏба-рагӏиялда», «инкарчагӏазул» рахъалда вукӏарав Багъатарица цинтӏаго абичӏебани:\n— Цӏадаса Хӏамзатил кучӏдул рокьуларев чи магӏарулазул вати щакаб жо буго. Гьев машгьурав поэт вукӏинги киназего баянаб буго. Амма Хӏамзат, жиндирго гӏакъилал асарал хъвалелъул, ургъулев вукӏанадай гьеб «классовосталда» тӏад, гьесда лъалебгӏаги букӏанадай гьеб щиб кколебали, — ян.\nХӏасил, киналго релъана, бахӏсги къотӏана. Аскӏов вукӏарав нижер «къайицадахъав» Казимбегица Багъатарил цӏаралда копоего абуна: — Гьасул цо чи вахъуна, — ян. — Вахъунаха, кӏиго вахъунаревлъи хӏакъаб буго, — ян Багъатарицаги вохун жаваб кьуна.\nБагъатар гьеб мехалда вукӏана факультеталда жиндирго «бакӏ ккурав» чи. Лъалаан гьес кучӏдул хъвалеллъи – гьел рахъулаан «Гӏаркьел» абураб къадал газеталда, ахӏулаан мандолина хъван кечӏ – гӏахьаллъи гьабулаан факультеталъул художествияб хӏаракатчилъиялъулъ, алхинчӏого вукӏунаан А. Ф. Назаревичасул фольклор ва литература лъазабулел студентазул институталъул тадбиразулъ. Хасго хагазарулаан гьес магӏарулазул литератураялъул бицине щвани – гьесда бихьичӏебги рагӏичӏебги жо батулароан аваразул адабияталда.\nКазимбег вукӏана Генуса, цӏодорав, гӏакъилал махсараби гьарулев инсан. Гьев нижедаса щуго-анлъго соналъ кӏудияв вукӏана, киназго гьесул адабги гьабулаан. Казимбегил гьунар букӏана берцинго, гъираялда гӏенеккуледухъ, хабар бицине. Бажарулаан гьесда гӏадамал данде ракӏаризе, гьезие нухмалъизе. Гьанже хадуб, чӏвай-хъвей цӏикӏкӏараб, террористал гьалаглъарал соназ, гьев вищун вукӏана Унсоколо районалъул бетӏерлъун. Махщалида нухда бачунебги букӏана гьес районалъул жамагӏат, «чидае бокьи кьолареб» хасият букӏиналъ, гьев заманго балелде террористаз чӏвана.\n«ГӏАРКЬЕЛ»\nТӏоцебесеб курсалдаго студентазул жалго данделъарал батӏи-батӏиял къокъаби рукӏана. Цоял ракьцоял, цогидал спортсменал, хадусел — цӏалуде кӏвар кьолелги кьоларелги, литература бокьулел – кучӏдул хъвалел, хӏатта «гӏала-гъважачагӏигицин». Зама-заманалдасан гьел я общежитиялда, я тренировкабазда, кружоказда, концертазда, библиотекабазда, яги гьадинго къватӏазда, парказда «жидерго ишазе» данделъулаан. Гьезул лъицаниги тӏамичӏел, рищичӏел «церехъабиги» рукӏана.\nБагъатарил къокъа букӏана литературияб. Гьесда сверухъ рукӏунаан Зикрулла, Шамхал, Беркиханов Мухӏамад, Хачалова Патӏимат ва цогидалги хъвадаризе байбихьулезул «агьлу», цо-цоял гьеб загьир гьабизе намуслъулел рукӏаниги. Къадал газеталъул номер хӏадурулаго, редактор гьечӏониги, Багъатарил пикруялъухъ гӏенеккулаан, кигӏан ракӏал бегӏерал рукӏаниги, магӏарул «хъвадарухъаби» гьевгун къецалде гӏемер лъугьунароан. Ракӏалда буго, нижер цояс «Гӏаркьелалда» бахъизе кьолеб жиндирго кочӏолъ рокьуца вухӏулев гӏолилас гьудулалъул жавабалъухъ балагьун чӏарал къоял рикӏкӏунаго, «хӏулун руго гьодал кверзул килщазул» абураб Цӏадаса Хӏамзатил жугьа хӏалтӏизабун букӏана.\n— Дуца Цӏадаса Хӏамзатида рокьул чангит балеб бихьула, — ян Багъатарица цоясе махсара гьабидал, гьев гьудул дагьав «багӏарлъана», кечӏ гьабулаго чвахун рачӏарал рагӏаби рукӏанин, мукӏурлъун баянги кьуна. Хӏакъикъаталдаги гьесул кочӏолъ Хӏамзатил рагӏаби цӏакъ рекъон ккун рукӏана. Хадубги нижеца гьеб аваразул классикасул жугьа копоего цоцада «хӏенчезабулаан».\nЦоги нухалъ общежитиялда Беркихановас (гьев вукӏана нижедаса курсалъ цеве, ригьалъги нижедаса анцӏила щугогӏан соналъ кӏудияв вукӏана) Багъатариеги диеги цӏалана Расул Хӏамзатовасул хӏакъалъулъ хъвараб жиндирго курсалъулаб хӏалтӏи. Расулил творчествоялъул бицунеб Мухӏамадил гьеб хӏалтӏи жибгоги букӏана батӏи-батӏиял образалги эпитеталги хӏалтӏизарун, шавкъалда гӏуцӏараб литературияб асар. Кӏикъоялда микьго тӏамач бугеб тетрадь цӏураб квералъ хъвараб гьеб цӏалулаго, Беркиханов бащдаб сагӏатгӏанасеб заманалъ театралъул артистасда релълъун вукӏана. Гьесие хӏажат букӏана, саназул батӏалъиялъухъ балагьичӏого, Багъатарил пикру — гьел гьудулзаби рукӏана.\n— Кин лъугьун бугеб? — ан абураб къокъабго суалалъе Багъатарица бегьулеб куц бугилан кьураб гьединабго къокъаб жавабалъ Мухӏамад рази гьавуна. Хадуб Багъатарица нижее мандолина хъван цо кечӏги ахӏана, «Ма, босе гьаб квербацӏцӏ, бацӏцӏе гьеб магӏу» абураб жиндирго кечӏги цӏалана.\n«БАГӏАРАБ БАЙРАХЪ»\nЦӏалулаго хӏалтӏизе бокьарал студентазе чанги ресал рукӏана стипендиялде тӏаде дагьа-макъал «мугьал» ралагьизе. Гӏемерисел унаан къаси хъаравулзабилъун, фабрик-заводазде кӏиабилеб сменаялде, «биржа трудаялде» вагонал цӏезе-чӏехьезе ва цогидал хӏалтӏабазде.\nНижер мугӏалим Гӏабдурахӏман Хӏабибович «Багӏараб Байрахъалъул» редакциялде «свежая головалъун» хӏалтӏизе индал, Багъатар гьесул кумекалдалъун лъугьана гьениве корректорлъун. Университеталда занятиял лъугӏун хадур, типографиялда газета кьабулелъул гьабулеб хӏалтӏи букӏана гьеб. Цӏакъ разиго вукӏунаан Багъатар магӏарулазул машгьурал хъвадарухъабазда цадахъ цо коллективалда хӏалтӏизе щвеялъ. Доб заманалда «Багӏараб байрахъалъул» редактор вукӏана Мухӏамад Шамхалов, гьесдаго цадахъ рукӏана жидер асарал нижеца цӏалулел М. Гӏабдулхӏалимов, Гӏ.-М. Гӏалиев, Гӏ. Даганов, Хӏ. Залов, М. Мусаев, Н. Нурмухӏамадов, Т. Таймасханов, М.- С. Шахтаманов – цӏарал ккун киналго рехсезе рес рекъеларо. Ниж рухӏдаллъун рукӏунаан гьезда цадахъ хӏалтӏулев Багъатарида.\nГазеталда рахъизе бегьиларин тарал батӏи-батӏиял хабарал рачӏунаан Багъатарица нижее. Гӏемер бицунаан редакциялъул хӏалтӏул, журналистал М. Гӏабдулхӏалимовасул, Гӏ.-М. Гӏалиевасул, Н. Нурмухӏамадовасул ва Т. Таймасхановасул. Гьес аваразул группаялъе экскурсияцин гьабун букӏана редакциялде.\nГӏабдурахӏман Хӏабибович Дагъистаналъул мацӏазул, историялъул ва литератураялъул институталде индал, Багъатар тӏамуна гьесул бакӏалде «свежая головаясул» жавабияб хъулухъалде. Цӏали лъугӏун хадубги «Багӏараб байрахъалъ» тӏалаб гьабун Багъатар тӏубанго вачана редакциялде хӏалтӏизе.\nНахъа лъана Багъатарица, студентлъун вукӏаго, росулъ ругел эбелалъеги яцалъеги кумек гьабулеб букӏараблъи. Эмен гьесул вукӏинчӏо.\nТӏАДАГЬАБ ГӏАМАЛ\nУниверситеталда цӏалулел соназ филологиялъул факультеталда Багъатарги малъун, Къородаса нижеда цадахъ рукӏана ункъоял: кӏиго курсалъ цеве – Гӏиса, цо курсалъ нахъа – Мусал Мухӏамад ва Нурмухӏамад. Ункъасго кучӏдулги гьарулаан. Багъатарица гӏемер бицунаан школалда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолев Гӏалухачев Мухӏамадил, лъималазе гьев вокьулеб куцалъул. Мухӏамад — ункъавго филологасул мугӏалим — поэзиялдехун гьезул рокьи бижизабурав устар вукӏун вуго.\nБагъатарилъ букӏана хасаб гугьар. Гьесул кучӏдул рукӏана пасихӏал, ургъизе тӏамулел, пикрабалъе ахӏулел, бечедаб, гьава гӏадин тӏадагьаб, чвахулеб мацӏалъ хъварал. Живго Багъатарги вукӏана чӏагояв, тӏадагьав, кидаго гьимулеб, разияб гьумералъул инсан. Хьвадицин букӏана гьесул тӏадагьаб, бигьаго, гӏатӏидго галабиги тӏамун унеб. Гӏолилазул гӏадат букӏуна хӏалал рихьизе бусби гӏадин цоцалъ «тенколеб», реццардулеб – гьеб гӏамал гьесулъ букӏинчӏо. Кӏалъалелъулги дида рагӏичӏо Багъатарица гьаракь борхизабулеб, къваригӏел гьечӏел, чорокал рагӏаби абулеб. Каламги букӏана гьесул тӏадагьаб, мухӏканаб, кигӏан кӏудияб кӏвар бугеб жоялъул бицунеб бугониги, махсарахӏалаб, кополаб. Гьесда гӏемер лъалаан кулласезул, магӏладерил, хӏотӏочӏдерил релъизарулел лъугьа-бахъинал — гьезул гӏолохъабазда гьел рицунелъул квешги букӏунароан. Амма тӏасан балагьухъе гьедин кканиги, жанисеб – рухӏияб гъварилъи, рекӏел хӏалуцин, хӏалхьи лъаларел пикрабазул гъугъай — Багъатарил беразда бахчун бажарулароан. Багъатарица бицун букӏана Гагарин космосалде воржиндал хъвараб жиндирго кечӏалъул. Ниж школалда цӏалулеб мехалъ цӏадохъабазул художествиял коллективазул хораз гӏемер ахӏулаан гьеб, радиоялдасанги кьолаан гьоркьо-гьоркьоб. Дица газетазул архивазда цӏехана гьеб, батизе кӏвечӏо – ракӏалда буго цо куплет. Гьебги гӏола анцӏго сон бараб лъимералъ хъвараб жибго лъимер гӏадаб бацӏцӏадаб, роцӏараб, тӏадагьаб кечӏалъ бижизабулеб асаралъул къимат лъазе:\n«Рогьалил гьуригун гьайбатаб гама\nГьаваялде ана апрель моцӏалда.\nЦӏараб болжалалда дунялги сверун,\nГагарин ракьалда гӏодов рештӏана».\n«СОЮЗ»\nБагъатар, саназ гуревги, гӏолев вукӏана кӏудияв, квер кьолев яги нахъасан «цулев» чи гьечӏониги, унев вукӏана цевехун, лебалго вахунев вукӏана икъбалалъул болъодухъан. Университеталда – нахъа толел рукӏана курсал, редакциялда – тӏамулев вукӏана цӏикӏкӏарал хъулухъазде, гӏумруялъулъ – дандчӏвалев вукӏана цӏиял машгьурал гӏадамалгун. Хъвадарухъабазул союзалдаги ратана гьесда цӏиял гьудулзаби, гьенивеги гьев гӏемер щолаан. Гьесдасан нижеда лъалаан Союзалда (Багъатарица гьедин абулаан Хъвадарухъабазул союзалда) кколел лъугьа-бахъинал: Расулил гӏужилал абиял, Гӏумархӏажил махсараби, Гӏадаллол «гьунарал», Сулимановасул харбал. Гӏемер бицунаан гьес Гӏабасил Махӏамадил, Сулимановасул, Гъазиевасул, гьезулгун гьудуллъиги букӏана гьесул.\nГъазиев Мухӏамад, магӏарулазул лъималазул поэт, литинституталъул студент-заочник, чанги вачӏунаан Багъатарихъе общежитиялде, шагьаралдаги гьел гӏемер цадахъ рихьулаан. Гъазиевасухъ кидаго цадахъ букӏунаан доб мехалъ модаялда букӏараб кӏудияб портфель. Живго черхалъ гьитӏинав гьесул кӏудияб портфель хӏалае ккун, Багъатарица махсара гьабулаан гьениб «творчествоялъе хӏажатабщинаб жо» гуребги Гъазиевасе кьижизе бакӏцин бугилан.\nЭменгӏан кӏудияв вукӏаниги, батӏияб гьуинлъи букӏана Багъатарил Гӏабасил Махӏамадилгун. Кидаго, хӏалтӏуца яги цогидал суалал тӏуралаго, магӏишаталъул пишабазде регӏуларев Гӏабасиласул рокъов Багъатар вукӏана божарав чилъун. Хӏажалъи ккедал, гьесул хъизаналъ «ахӏи балаан» Багъатариде, гьес цо-цо нижги рачунаан хӏалае. Ракӏалда буго цоги рокъоре рахъунелъул Гӏабасиласул къайи-цӏа къачӏазе, бакӏаризе, гьеб машинаялда сокӏкӏине ниж ун рукӏана кумекалъе. Тӏубараб къоялъ хӏалтӏулаго, живго поэтасда бер чӏвачӏониги (нижер кӏудияб хьул букӏана гьелде), бихьана машгьурав хъвадарухъанасул, тӏахьазул издательствоялъул редакторасул, «магӏишат»: гӏемерал, тӏахьал, журналал, газетал, кагътал. Цӏакъго хӏажатаб гурони букӏинчӏо тӏагӏел-гӏучӏ, рокъор къваригӏунел алатал, ретӏел-хьит.\nНамуслъарай Савдат-адаца абуна гьалеха Гӏабасил Махӏамадил магӏишатилан.\nГӏабасиласул «Камалил Башир», «Хъахӏаб росулъа Махӏмуд» Авар театралда лъезе хӏадурулелъул нижеда лъалаан кире щун ругел, щиб гьабулеб бугеб гьеб ишалда сверухъали. Сценарий къачӏалагоги, къваригӏараб хъвалеб-толелъулъги Багъатарица поэтасул тӏадкъаял тӏуразарулаан ва цоги хӏажатаб кумекги гьабулаан. Гьел пьесабазул премьеразде Багъатарица нижер группаялъе пригласительныялги ралагьун рукӏана.\nПОЭТ ВА ПРОЗАИК\nБагъатар вукӏинчӏо кӏичӏардулев, чӏалгӏаде свердолев, гӏадада заман чӏвалев чи. Доб мехалъ студентал хӏалица рачунаан рикӏкӏеналъе, залал цӏезариялъе пайда гьечӏел, «гьодорал» совещаниязде, собраниязде. Рачӏинчӏезе гӏадлу букӏана кьварараб: выговор, стипендия къотӏизаби. Багъатарица гьел тадбиразул гӏахьалчагӏи (гьезда гьоркьов живгоги) «гьалмагъзаби-зазил хӏухьдул» абун ралъаргъунаан.\nЖиндирго рекӏее гӏоларел, гӏадамазда берцин рихьизе жал Багъатарица киданиги гьарулароан. Гьес цо-цо мугӏалимзабаз бицаралдаса батӏиял пикраби загьир гьарулаан, амма лъицаниги гьеб чӏахӏиязул адаб тейлъун рикӏкӏунароан. Сундулъго гьесул букӏана гӏадлу, дуруслъи, тартиб. Гьесда чӏванкъотӏун лъалаан жиндие къваригӏараб жо, бажарулаан цере лъурал мурадал тӏуразаризе.\nЦо нухалъ, Цӏадаса Хӏамзатил хӏакъалъулъ хабар ккарабго, Багъатарица абуна:\n— 1951 соналда магӏарулазе цо поэт камуна, амма цӏияв тӏадеги гьавуна,- ян. Щивдай гьеван нижер цояс кьураб суалалъе гьадин жавабги кьуна Хӏажиев Багъатар поэт кколаревищин абун. Доб мехалъ цо-цоязда ккана гьеб гӏамалкӏодолъи бугин, хадуб бичӏчӏана гьелъул унго-унгояб магӏна.\nКигӏан кӏудияб гӏишкъу поэзиялде букӏаниги, гьайбатал, пасихӏал, рекӏелъе рортулел кучӏдул хъвазе гьунар бугониги, хӏатта басмаялда бахъизе планалда бугеб гӏолохъанал поэтазул мажмугӏалъул авторазулъ цӏар хъван букӏаниги, Багъатар ракӏалдаго гьечӏого прозаялда жувана. Байбихьана кӏвахӏ тун хъвадаризе: общежитиялда, читальный залазда, лекциязда. Аудиториялда нахъисел кьераздаги вукӏун (ниж гӏемериселъ цадахъ кӏусулаан), Багъатарица цо лекциялъул (студентазул пикруялда батӏаго хӏажалъулареб) болжалалда 10-15 тӏамачцин хъвалаан. Лекторасда кколеб букӏун батила ниж мисалиял студенталилан, кӏвахӏаллъичӏого мухӏканго лекциял хъвалел.\nХатӏги букӏана Багъатарил берцинаб, бичӏчӏулеб, чӏахӏиял хӏарпазул. Гьесул чӏегӏераб щакъи тӏолеб тӏеренал халатал килщаз «чангит бараб» чӏегӏераб ручка, газета кьабулеб кагътил тӏанчазда хъвадарулелъул, гӏедераб тимар гьабун цӏвакизабураб юргъачуялда релълъунаан.\nБагъатар цинтӏаго прозаялдехун «вуссиналъе» букӏана гӏилла. Гьесухъе щун букӏана цӏализе нилъер Расулида цадахъ 1963 соналда Ленинил премия кьурав дунялалдаго цӏар рагӏарав гъиргъизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовасул «Повести степей и гор» абураб тӏехь. Къокъалго къисабаздаса данде гьабураб гьеб гьитӏинаб мажмугӏалъ асир гьавун вукӏана Багъатар. Хӏухьелккун, хӏасратго бицунаан гьес бергьараб махщалида гӏолохъанав Айтматовас, зоотехниклъун хӏалтӏулаго, хъварал асаразул. Кӏвахӏ, свак лъалароан гьесда, гӏенеккулев, бицунеб жо бичӏчӏулев чи дандчӏвани. Гьанже хадуб, Айтматовасулги Багъатарилги къисабазул цохӏо цӏарал дандеккураб мехалъ бичӏчӏана машгьурав гъиргъизас хъвадаризе байбихьулев магӏарулав «кодов восараб» къуват, гьезул релълъен.\nЧингиз Айтматов:\n«Тополек мой в красной косынке»\n«Пегий пес, бегущий краем моря»\n«Исповедь на исходе века»\n«И дольше века длится день»\nБагъатар Хӏажиев:\n«Севералда буго дир милъиршо»\n«Цӏадакьа бахчулеб дир чанил бурутӏ»\n«Дихъ балагьун чӏа, мугӏрул»\nХъвалеб жо Багъатарица цогидазда бихьизабулароан, цӏализеги кьолароан, жеги лъугӏун гьечӏин, «къачӏазе» кколин абулаан. Божарав гьудулас гьарани, инкарги гьабулароан. «Къачӏадизеги» Багъатар рахӏму гьечӏев вукӏана, кколаан цоцо «хӏадураб продукция» цӏоб тун тӏасан хӏуччалги цӏцӏан хвезабураб мехги.\nАХИРАЛДА\nАхирисеб нухалъ Багъатаргун дандчӏвана 1976 соналда риидал. Ракӏалде щвезаруна гьудул-гьалмагълъи, бицана хӏалтӏул, творчествоялъул, гӏолохъанал хъвадарухъабазул совещаниялъул, гьабураб хъизаналъул, ясалъул. Заман гӏураб букӏинчӏого, гӏедегӏалихъе къотӏи гьабун букӏана цоцазухъе щвезе, редакциялде ваккизе. Гьалде-долде руссун, нижер къотӏи тӏубачӏо, Бетӏергьанасул хӏукму батӏияб батана.\nИнсанасда гӏузру ккечӏого сахлъиялъул къимат лъаларо; мискинлъичӏого, магӏишаталъулъ тӏагӏам батуларо; тӏекъаб бихьичӏого битӏараб «гъорлъе унаро»; ялгъузлъичӏого гьудул-гьалмагълъи, гӏага-божарал камичӏого, гьев гьезухъ урхъуларо – киналъего батула багьана, балъгоябги гуреб, амма жиндир заманалда кӏвар гьабичӏеб.\nЩиб жо гӏумруялъул 26 сон? Гьанжего гьанже «берал рагьулеб», кӏудияб, гӏатӏидаб дунялалде нуцӏа къирулеб къокъабго болжал. Киве щварав, щиб бихьараб, сунде регӏарав, гьудулзаби щал, тушбаби киса, квешалда рекъанищ, къасдаз гукканищ, къваридазе кумек гьабунищ, гьунар гӏунищ гӏунгутӏабигун къеркьезе, къо хӏехьанищ Бетӏергьанасул нухда? «Тӏугьдузул квацӏи», «Чанил бурутӏ», «Севералда бугеб дир милъиршо», «Балагьун чӏарал мугӏрул», «Гӏодулей гьудул» — панаял кучӏдул, комсомолалъул премия, ячарай лъади, гьаюрай яс …– гӏемерабищ, дагьабищ, щиб хутӏараб жеги?\nШавкъ, паналъи, хӏасрат рекӏелъе ракьулъан рижун рачӏунаро – зодосан рещтӏуна. Гьарила нилъецаги цере квералги ккун Багъатарил рухӏалъе рахӏат.\nБагъатарил гьунар, гьев вахине вукӏараб борхалъи, щвезе букӏараб махщел якъинго гӏицӏав Аллагьасда гурони лъазе рес гьечӏо. Амма, хӏакъаб жо, гьезул къадар, роцен, даража дунялалда хутӏаразул щивасул жиндирго букӏина.\nМухӏамадрасул МУХӏАМАДОВ, Багъатарил курсцояв"}
{"slug": "12666-l-ikil-iyal-ul-kveral-kirego-shcholev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12666-l-ikil-iyal-ul-kveral-kirego-shcholev", "title": "Лъикӏлъиялъул кверал кирего щолев", "date": "2021-06-18 08:39:30", "categories": ["insan"], "text": "Шамил районалъул Гьандихъ росдал жамагӏаталъул цӏаралдасан редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Росдаеги рай- оналъеги пайдаял, республикаялдаго машгьурал гӏезегӏан гӏадамал рахъараб росу ккола нижер. Гьезул кьерда хасаб бакӏ ккола, рагӏулъги дугӏадулъги нижеца адабалда рехсолев, Гӏалиев Гӏарипица. Росдае гьес гьарунщинал пайдаял ишал рехсон хӏал кӏоларо, сияхӏ цӏакъго халатаб буго.\nДагьал церегӏан къоязда Гӏарипица бана 70 сон. «Хӏакъикъаталда» гьа- ри буго, Гӏарипил сахаваталъиялъул, гӏаданлъиялъул ва лъикӏлъиялъул хӏакъалъулъ хъвани бокьилаанин абураб. Росдал жамагӏаталъул ра хъалдасан, газета гьоркьоб ккун, баркизе бокьун буго гьесда юбилей- ги», — ян.\nХӏакъикъаталдаги Гӏалиев Гӏарип лъаларев чи республикаялдаго ватиларо. Цохӏо жиндирго росдал тарихалда гуребги, республикаялъул гӏумруялдаго гъваридаб лъалкӏ тана ва толебги буго гьес.\nРосулъ цо щиб бугониги хӏалтӏи-иш гьабулеб мехалда, ай кумек хӏажалъидал, Гӏарипида абун лъикӏ гурищин кӏалъала росуцоял. Амма гьеб хабар Гӏарипихъе щвезабилалдего, гьесда гьелъул лъалеб батула ва хӏажатаб кумекги гьабула. Гьесул кумек щвечӏев чиги я росулъ яги ма- дугьалихъ ругел росабалъ къанагӏатги ватиларо. Гӏарип вуго хӏалтӏуеги гӏадамазе кумек гьабиялъеги вижарав гӏадинав чи.\nИНСУЛ КАЛАМ КАНЛЪУН ККУНА\n1968 соналда Гӏарипица школа лъугӏизабидал, инсуе бокьун букӏана гьев Ташкенталде, Бакъбаккул улкабазул мацӏазул институталде, цӏализе витӏизе. Амма имгӏал Хашаев Хӏажимурадица кьураб, «лъикӏаб хъулухъ щолеб цӏали бугин» абураб гӏакълуги гӏадахъ босун, цӏализе лъугьана Ново-Черкасскиялъул инженериябгун мелиоративияб институталъул гидростроительнияб факультеталде. Тӏоцебесеб курсалдаса нахъе, цӏали лъугӏизегӏан, Гӏалиевасул сурат чӏван букӏана институталъул Хӏурматалъул хъорщода. Живго кивениги ине кколев вугони, профессор В. В. Сарачановас, «Арип, веди занятие» абун, гьев тӏамулаан «Мелиоративные и строительные машины» абулеб курсалъул практикиял дарсал рачинеги. Палхӏасил, Гӏалиевас институт лъугӏизабуна багӏараб дипломалда.\nРосулъе вуссиндал, хъизанги гьабун, шагьаралде унеб къоялъ, аскӏов гӏодовги чӏезавун, инсуца гьесда абуна: «Гъурщица абун буго, дир вас, къапарав бихьинчи хӏалбихьизе жиндихъе вачеян. Гъурщал гӏемерлъидал ва хъулухъ цӏикӏкӏиндал лъала чиясул хӏалги багьаги. Воре, гӏарцуе лагълъиги гьабуге, борхалъуде вахунин абун чӏухӏуге, чвантиниве ваккизе барахщуге», — ян. Инсул гьеб калам васасда киданиги кӏочон течӏо ва, дуца абухъе гьабилин абун, инсуе кьураб рагӏуе гьев хилиплъичӏо.\nМАХЩЕЛ КАМИЛЛЪАРАБ НУХ\nГӏалиевсул хӏалтӏулаб гӏумру байбихьана Махӏачхъалаялъул №13 ПМКялъул мастерасул хъулухъалдасан. Гъаякент районалде гочун рачӏарал даргиязул росулъ лъел мухъал гьариялда Гӏарипица бихьизабуна жив унго-унгояв специалист вукӏин. Гьесул лъайги, бажариги, хӏалтӏи гӏуцӏизе бугеб махщелги бихьун, лъагӏалидасан гьев тӏамуна Хасавюрталъул ПМКялъул участ каялъул начальниклъун. Лъагӏелалъ гьенивги хӏалтӏун, тӏамуна №13 ПМКялъул бетӏерав инженерлъун. Хӏалтӏул хӏалбихьи бугев инженер хӏисабалда, 1979 соналда «Главзарубежводстроялдасан» гьев витӏана Йеменалде, советиял специалистал хӏалтӏулеб участкаялъул начальниклъун.\nЙеменалъул Мудири районалда хӏалтӏараб лъабго соналда жаниб гьесул участкаялъул специалистаз рана кӏиазаралда хадуб гектар ракьул лъалъалел бакӏал.\n— Йеменалда ихдалги хасалихъеги рала кутакал цӏадал. Амма дун хӏалтӏараб лъабго соналда жаниб, цо нухалда гурони гьениб цӏад бачӏо. «Поводкое» абун, ракь лъалъалеб батӏияб къагӏида букӏуна. Ракьалда тӏад гьабула метр бицалъиялъул лъел гъат, лъим ракьулъе къарабго, ракь бекьула. Цо нухалъ лъалъараб лъел регьел бачӏин бакӏаризегӏан гӏола.\nНижер аслияб хӏалтӏи букӏана, гӏорал-лъарал щведал, лъинал ракӏарулел сангарал рай. Объектазда батӏи-батӏиял улкабазул специалистал хӏалтӏулел рукӏана. Амма нилъер специалистазул гӏадаб лъайги махщелги бугев чи гьезул вукӏинчӏо. Гьайгьай, гьениб кинабго лъикӏ букӏана. Гӏагараб росдаде букӏараб чӏалгӏеналъ тату хвезабун букӏана. Тӏад вуссине цо моцӏ хутӏараб мехалда, макьилъ бихьулаан росдал къватӏахъ дунги, рузман сордоялъ рукъзабахъан чӏвалеб панкъазул махӏги. Улкаялдаса рикӏкӏад вугеб мехалда гурони Ватӏаналъул къимат лъаларо, — ян бицана Гӏарипица.\nТӏад вуссун мех балелде, гьеб букӏана 1982 соналъул анкьабилеб июль, Гӏарип тӏамуна Махӏачхъалаялъул №18 ПМКялъул начальниклъун. Хӏалтӏи байбихьун лъагӏел балалде гьесухъа бажарана кьучӏдасанго ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабун ва 110-120 проценталъ план тӏубазабун. Гьединаб бергьенлъи босиялъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Гӏалиевас гьадин бицана:\n— Пуланаб бакӏалде лъим бачине канал бухъун гьабураб хӏалтӏухъ нижее щолеб буго 100 гъурущ. Гьенир бетоналъул лоткаби лъун, батӏияб идараялъ босулеб буго 10000 гъурущ. Гьеб ахӏвал-хӏал дица хӏехьечӏо. Ралагьана специалистал, техника. Бригадаби хӏалтӏулел авлахъазда лъуна генераторал, къаси заманалда къалъ изабуна хӏалтӏулеб бакӏ. Гӏуцӏана ун къо сменаялъулаб хӏалтӏи. Бухъана канал, лъуна лоткаби. Дирго машинаялда хьвадун, хал гьабуна хӏалтӏул рахъиналъул ва даражаялъул. Гьединаб хӏалтӏи гӏуцӏиялдалъун, бажарана бащдаб лъагӏалил болжалалда 137 проценталъ лъагӏалил план тӏубазабун. Нижер бергьенлъиялъе кӏудияб къиматги кьуна. ПМКялъул коллективалъе щвана КПССалъул ЦКялъул ва СССРалъул Совминалъул Хьвадулеб Багӏараб Байрахъ ва ВДНХялда — тӏоцебесеб бакӏ. Кьуна цӏияб УАЗик машинаги. Дун вихьизавуна Захӏматалъул Багӏараб Байрахъ орден кьезе. Амма, тӏубараб пятилеткаялда хӏалтӏун гьечӏинги абун, орден кьечӏо.\n1986 соналда Гӏалиев нахъеги Йеменалда ралел мелиоративиял объектазул контрактазул бетӏерав инженерлъун хӏалтӏизе ана. Бащдаб лъагӏалил болжалалда жаниб гьениб рукӏалиде ккезабуна иххица щущазабун букӏараб 300 метралъул борхалъиялъул сангар. Хадуб Гӏарип витӏана Батесалда гьединабго сангар базе. Гьес хӏадур гьабуна цоцалъ рекъараб куцалда ракь лъалъалеб проект. Лъим балагьизе бахъана 60 гъуй, рана хӏорал, рахъана каналал, лъуна лоткаби, ай 500 гектар бекьулеб ракь лъалъазе рес щвана.\nЛъабго соналъ Йеменалдаги хӏалтӏун, Гӏарип цӏидасан тӏад вуссана добго №18 ПМКялъул начальникасул хъулухъалде. Гьесул коллективалда цо лъагӏалида жаниб анлъго миллион гъурщидаса пайда босизе бажари тӏалъиялъ рикӏкӏана цӏакъго кӏудияб бергьенлъилъун. Гьелъул хӏасилалда ПМКлъул базаялда гӏуцӏана «Водстрой» трест, начальникасе кьуна «Волга» машина.\nХАЛКЪАЛЪЕ ПАЙДАЯЛЪЕ\nАЛЛАГЬАСГО РЕС КЬУНА\n«Программа горы» проект хӏалтӏизе байбихьидал, гьеб тресталъул базаялда Гӏарипица рагьана азаргогӏан чи хӏалтӏулеб «Хунзахъводстрой» цолъи. Щибаб мугӏрузул районалда рагьана гьелъул участкаби. Гьелъул баракаталдалъул, масала, Шамил районалъул Гӏурибе, Гьолокье лъуна лъел мухъал, Гьандихъе бахъана цӏияб нух. «Программа горы» проект къана, гӏарац къотӏана, амма Гӏарипица предпри ятие хвезе течӏо ва гьелда «Горская строительная компания» абун цӏар лъуна.\nГьанже гьесул гьитӏинав вас вуго гьелъул начальниклъун. Жакъа гьесул вас Гӏалица тӏаде босун буго мугӏрузул районазул росабалъе лъим бачиналъул ва нухал рахъиялъул хӏалтӏабазул жавабчилъи.\nЛъим бачин ва нух бахъи рикӏкӏуна бищунго кири кӏудияб хӏалтӏилъун. Рикӏкӏун хӏал кӏоларо, Йеменал даса байбихьун, Дагъистаналъул гӏемерисел районазул росабалъе лъи налги нухалги рахъарав Гӏарипица гьарурал лъикӏал ишал. Къокъго абуни, цохӏо Гьандихъ росдал щи баб авалалде бачана лъим, анцӏго километралъул манзилалда бахъана цӏияб нух. Гьанхъадерил хъутаналда нусго гаялъул гӏатӏилъиялда гьару на пиринчӏалъул чекал. Росулъ бана цӏияб мажгит, жиндирго минаялда аскӏоб – авал-мажгит, мадраса ба ялъе гьабуна гӏарцулаб кумек. Гьес росдае гьабунщинаб кумек рехсани, сияхӏ цӏакъго халалъила.\n1995-1999 соназда Гӏалиев вищун вукӏана ДРялъул Халкъияб Собра ниялъул депутатлъун. Ва, депутат хӏисабалда, гьес гьабураб хӏалтӏуе къимат кьолеб цо мисал бачина. Хал къияб Собраниялъул трибунаялда сан кӏалъалаго, ДГУялъул ректорас абуна, методикиял пособиял росизецин университеталъе гӏарац гӏолеб гьечӏилан. Гьебмехалда, тӏадеги вахъун, Гӏарипица ахӏун абуна: «Дир буго гьадинаб предложение. ДГУялде лъугьиналъухъ щивав чияс кьолеб буго щуазарго доллар. Законияб къагӏидаялда гӏарац ДГУялъул счеталде рехулеб къагӏида гьабуни, гьеб гӏелаан къваригӏарабщиналъе ва нахъеги хутӏила», — ян.\nДепутатлъун вугеб заманалда жаниб Гӏарипихъа бажарана къварилъи-балагьалде ккарал гӏемерал гӏадамазе кумек гьабун. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Гӏарац бахъизе хӏилла ургъун, цо милициялъулас балъго чвантинибе наркотик рехун, машинаби къачӏалеб пуланаб станциялъул хважаин жанив лъун вукӏана. Гӏолиласул гӏумру хвезабизе ургъараб такъсиралда цебе Гӏарипица хӏетӏе лъуна. Ахӏи бана депутатазде, гьединго прокуратураялъул, милициялъул, судалъул, хӏалтӏухъабазде. Гьелъул хӏасил ккана ва эркен гьавуна гӏолилав, тамихӏалде цӏана милициялъул хӏалтӏухъан.\nГӏарипил хӏакъалъулъ хабар ккедал, гьанхъадерил жамагӏатчагӏаз бицунебщинаб рагӏидал, битӏахъе бахиллъизе бачӏана гьев инсанасда. Киве кканиги, кинаб иш тӏаде босаниги, ракӏ бацӏцӏадго хӏалтӏи гьабулев Гӏарипидаса гьезул бугеб чӏухӏиги бихьана. Хӏакъикъаталдаги гьезул ихтиярги буго гьединав сахаватчиясдаса чӏухӏизеги рохизеги. Лъикӏаб гъотӏода пихъ тӏагӏамаб бижулин абухъего, Гӏарипил лъималги руго гьевго гӏадал хӏалтӏи бокьулел, яхӏ-намусги, чӏахӏиязул адаб-хӏурматги цӏунарал, халкъалъе пайдаял. «Хӏакъикъаталъул» коллективалъги баркула Гӏарипида 70 сон тӏубаялъул юбилей. Гӏадамазда гьоркьоб кӏудияб къадруги талихӏаб хъизамги насиб гьабун, гӏадамазе кумек гьабизе бажари-ресги кьун, Аллагьас гьев кӏодо гьавун вуго. Жакъа гьесие къваригӏараб жо буго цо — сахлъи. Гьединлъидал, росдал жамагӏаталдаго цадахъ, нижецаги ракӏ-ракӏалъ гьарула гьесие щулияб сахлъиги халатаб гӏумруги.\nН. НУРИЕВ"}
{"slug": "12731-vaktsinatsiya-kveshishch-l-ikiishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12731-vaktsinatsiya-kveshishch-l-ikiishch", "title": "Вакцинация: квешищ, лъикӏищ?", "date": "2021-06-24 09:06:08", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "12 июналда ДРялде бачӏана коронавирусалда данде гьабулеб «ГамКовидВак» вакцинаялъул («СПУТНИК V») жеги 11700 доза.\nТермоконтейнеразда жаниб киса-кибего щвезабулеб буго гьеб.\nДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, 15 июналде республикаялда гьеб вакцина гьабун буго 112629 чиясе.\nТӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунел руго ковидалъ унтулел чагӏи, хасго гӏолохъанаб гӏел буго гьаб нухалъ гьелъ гӏужие босун. Гьединлъидал вакцина гьабизе бокьарал чагӏи къабул гьарулел пунктал рагьун руго Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздагун районаздаги.\nГьайгьай, вакцинаялда тӏасан батӏи-батӏиял пикраби руго халкъалда гьоркьор. Гьелъ гӏадамал щакдаризе тӏамулелги руго. Гьединлъидал нижеца хӏукму гьабуна цо-цо тохтурзабазул ва гӏадатиял гӏадамазул пикраби загьир гьаризе.\nВидеобухьеналдалъун муниципалиял гӏуцӏабазул ва хӏукуматалъул идарабазул бутӏрузулгун республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас тӏобитӏулеб данделъиялда сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Салман Ахӏмадовас бицухъе, гьоркьохъеб куцалда цо сордо-къоялда жанив кӏинус-нус чи вегизавулев вуго больницабазда.\nВакцинация цӏикӏкӏун гьабурал районазда гъорлъ рехсолел руго Нугъай, Курах, Догъузпара районал, дагь гьабун буго Гъарабудагъкент, Лаваша, Гӏахъуша районазда.\nНаби Къураев, Хунзахъ райбольницаялъул бетӏерав тохтур:\n— Хунзахъ районалда вакцина гьабуна 2500-ялдасаги цӏикӏкӏун чиясе. Гьезда гьоркьоса анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун процент ккола Гӏоротӏа росдал гӏадамазул. Гъоркьиса гьениб лъикӏаб хӏал букӏинчӏо– гӏемерав чи унтана, хвана. Гьединлъидал гьанже, цогидалго гӏадин, гьелги кантӏун руго. Гӏадамазда бичӏчӏулеб буго вакцина гьабичӏого тӏубалареблъи. Цо-цоязе гьеб къваригӏунеб буго сезоналъул хӏалтӏуде республика тун къватӏире ине кколел рукӏиналъги.\nВакцина гьабулеб пункт буго райбольницаялда. Гьелдаго цадахъ нижеца хӏадурун буго бокьараб мехалда, машина гӏадин, бокьараб бакӏалде бачине бегьулеб ФАПги. Дару гьабизе къваригӏарал чагӏи хӏадурун теян, цебеккунго ахӏула пуланаб росулъ вугев фельдшерасде.\nВакцина гьабулел чагӏазул ригьги батӏи-батӏияб буго. Масала, сон Хӏариколоса чи вачӏана 82 сон барай, бусадаса яхъине кӏоларей эбел йигила жиндир, гьелъие вакцина гьабизе рачӏайилан. Гьединлъидал вакцинаялда божулелги божуларелги руго. Амма дида ккола соцсетазда жидеего подписчикал цӏикӏкӏине къваригӏун, гӏемерисез жидедаго лъаларел жал рицунел ругилан.\nАраб соналъул октябралдаго дицагоги гьабуна вакцина.\nГъазимухӏамад Мухӏамадов, Цӏунтӏа райбольницаялъул бетӏерав тохтур:\n— Нижер районалде бачӏун букӏана вакцинаялъул 1400 доза. Дагьаб цебе щвана жеги 600 дозаги. Гьелда гьоркьоса гьабуна 810 чиясе вакцина.\nТалихӏалъ, гӏадамазда бичӏчӏулеб буго унтудаса хвасарлъи гӏицӏго вакцинаялъулъ гурони гьечӏеблъи. Гьединлъидал кӏудияб хӏал гьабичӏониги, гьел гьанже жал- го рачӏунел руго нижехъе. Вакцина гьабизе разилъарал чагӏазухъе нижецагоги ахӏула, больницаялде щвезегӏангицин рачӏине ккеларин, нижго рачӏинин абун.\nНижеца, тӏоцебесеб иргаялда, кӏвар кьола гӏумрудул сонал 65-йилъе рахарал гӏадамазде.\nГӏолохъабазулгӏан щулияб букӏунарелъул гьезул сахлъи. Щакдарулел чагӏазда абула, гьа- лейин дица, тохтурас, диегоги гьабунин вакцина, расги лъугьинчӏого нужеда цеве эхетун вугин. Гьелъги божилъи кьола.\nЦо-цоял чӏола тӏоцебесеб доза гьабун тейила жидее, гьеб рагӏулин унго-унгояб дару, кӏиабилеб абуни, бидулъе биччалеб чип бугин рагӏанин абун.\nКовидалъул рахъалъ гӏезегӏан мехалъ лъикӏаб ахӏвал-хӏал букӏана районалда. Амма гьале кӏиго анкь буго гьеб хӏалуцаралдаса. Хӏупри росулъа анкьго чи унтун вукӏин тасдикълъана гьал къоязда. Байбихьуда нижеца пневмония батилин тун букӏана.\nМуслимат Мухӏамадова, Цӏумада райбольницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель:\n— Жакъа къоялде районалда кӏиябго нухалда вакцина гьабун буго 750 чиясе. Жеги гӏезегӏан чагӏи руго тӏоцебесеб доза щваралги. Аслияб куцалда вакцина гьабуна учительзабазе, медиказе, социалиял хъулухъазул хӏалтӏухъабазе.\nМасала, вакцина гьабизе 22 июналда райбольницаялде рачӏун рукӏана Хушет росулъа гӏадамал (хӏамуздагун чуязда рекӏун ун гурони, машинадул нух жанибе гьечӏеб, борхалъуда бугеб росу ккола гьеб – ред.).\nВакцинаялъул кӏваралъул бицун, районалъул нухмалъиялъ данделъаби тӏоритӏула. Гьединлъидал гӏадамазул пикруги хисулеб буго – гьеб даруялда тӏасан азарго батӏияб жо бицунеб бугелъулха интернеталда.\nНижеца гӏадамазе чӏезабураб хасаб графикги буго – заман щвара-щварал ахӏула уколал гьаризе.\nОнкология ва чорхол сахлъи загӏип гьабулел цоги- дал унтаби ругел чагӏи тун батӏиял гӏадамаз бицинегӏанасеб дандечӏейги гьабулеб гьечӏо гьелдехун.\nМария Ражабова, бухгалтер:\n— Лъимер гьабулеб гӏужалда йигелъул, вакцинаялъ чорхолъ хиса-басиял лъугьинаризе бегьулилан хӏинкъун, дица цин инкар гьабулеб букӏана. Амма гьанже Индиялъул штаммги баккун бугилан рагӏидал, ккараб ккун букӏаян, ана дару гьабизе. Гурони, гьелъ жеги кӏудияб зарал гьабизе рес бугелъулха.\nКӏиго къоялъ цӏа-канги бахун йикӏана дун. Амма цогидазги абуна жидееги гьебго жо лъугьун букӏанин. Гьеб гуребги, цогидал унтабазда дандечӏун вакцинаби гьаридалги гьебго асар лъугьун букӏана дие.\nРаисат Патахӏова, ОМСалъул рахъалъ ТФОМСалъул управлениялъул нухмалъулей:\n— Дица гьабуна вакцина. Кинабгӏаги къварилъиги гьечӏо. Директорасдаса байбихьун, нижер хӏалтӏухъабазги гьабуна. Щайгурелъул ковидалда данде чӏезе нилъер тӏокӏаб батӏияб рес гьечӏелъул. Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялъул тохтурзабаз бицана гъора регун ругел унтаразул хӏакъалъулъ. Гьезда гьоркьор гӏемер руго гӏолохъаби. Цебе гьеб вирус тӏатине кӏиго анкь къваригӏунеб букӏун батани, гьанже гьелъ рекӏеда ратизе толел гьечӏо: тохлъукьего тӏатунеб буго, гьединлъидал чорхолъе цереккунго кьалбал риччан ратулел руго.\nТӏадежоялъе, гьанже Индиялъулин абулеб штаммги тӏатун буго. Тохтурзабаз бицана, гъоркьисаялде дандеккун, исанасел унтарал кутакалда захӏматал ругин.\nВакцина гьабулеб гьечӏо, масала, лъимаде ругел ва лъимал хахулел руччабазе, 18 сониде рахинчӏел лъималазе, хроническиялде сверарал унтаби ругел чагӏазе. Гьел унтаби ругел гӏадамазе дагьаб тӏадагьаб вакцина гьабизе бегьула, тохтурас тӏаса бищула гьеб.\nПалхӏасил, дида гьикъани, вакцина гьабейин абила дица. Нижер хъизамалъул, гӏагарлъиялъул чагӏазги гьабуна. Ковидалда данде хасаб вакцина ургъизегӏан гӏемераб заман инчӏин жегиян щаклъи загьир гьабула цо-цо чагӏаз. Амма гьанжелъагӏан цогидал вакцинаби хӏадур гьарулел институтал рукӏана ва ругелъул нилъер гьанир. Гьезул кьучӏ цо буго.\nИммунобиологиялъул дараби ургъулеб Чумаковасул цӏаралда бугеб федералияб централда хӏалтӏулей йиго нилъер ракьцояй. Гьелъги бицана цӏияб вакцина гьанжелъагӏан ургъарал дарабазул кьучӏалда гӏуцӏанилан. Гьединго гьелъул хӏалги бихьун буго централъул хӏалтӏухъабаз.\nЦоги рахъалъ босани, нилъеда жеги ракӏчӏун лъаларо, гьаб ахӏвалхӏалалдаса нилъ киналго чӏаго рорчӏилелищалиги. Гьединлъидал вакцинаялъул зарал гьелдаса кӏудияб букӏинаро.\nШамай Хъазанбиева, учительница:\n— Дунгоги, гӏагарлъиги, лъалехъвалелги цӏунизе вакцина гьабизе бокьун буго. Амма кӏицӏулниги бидул анализ кьедал, антителаби ругин, гьединлъидал дару жеги гьабизе бегьуларин нахъе йитӏана.\nБитӏараб бицани, байбихьуда соцсетаздасан цӏаларал, гӏадамаз жидедаго гьоркьоб тӏибитӏизабураб харбида божун, хӏинкъунги йикӏана.\nЦинги дагь-дагьккун якъинлъизе лъугьана бугеб ахӏвал-хӏал. Гӏизраилалда гӏадамазул 70 проценталъ вакцина гьабун бугин цӏалана интернеталдасан. Гьединлъидал доба гьеб унтиги лъугӏулеб буго.\nНилъер гьаниб абуни, вакцина гьабунин абурал сертификаталги кьолел руго, унтиги нахъе къалеб гьечӏо.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "12734-res-gechiel-kh-izamaze-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12734-res-gechiel-kh-izamaze-kumek", "title": "Рес гьечӏел хъизамазе – кумек", "date": "2021-06-24 09:09:48", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "РФялъул Захӏматалъул ва социалияб цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 1 июлалдаса нахъе хисизе руго цо-цо социалиял выплатаби кьеялъул къагӏидаби. Исана апрелалда РФялъул президент В. Путиница федералияб собраниялде гьабураб хитӏабалда 8-16 сон барал ресукъалгун ялгъузал эбел-инсул лъималазе ва лъимаде ругел руччабазе пособиял кьезе ругин лъазабун букӏана. Гьел щвезе документал тӏоцебесеб июлалдаса нахъе къабул гьаризе ругин хъвалеб буго Захӏматалъул ва социалияб цӏуниялъул министерствоялъул сайталда. Гьел лъие ва кида щолелали цӏехон, кӏалъан рачӏуна «Хӏакъикъаталъул» редакциялдеги.\nТӏоцебесеб июлалдаса нахъе поликлиникаялда хӏисабалда лъурал лъимаде ругел, ресукъал улбузе лъимер гьабизегӏан (яги биххизегӏан) пособие кьезе буго. Пособиялъул къадарги регионалда гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралъул бащалъи ккола. Тӏоцебесеб июлалде щвезегӏан цебеккун поликлини- каялда хӏисабалда лъурал лъимаде ругел руччабазеги щоларин гьеб пособиеян баян гьабулеб буго рехсараб министерствоялъ. Лъимаде лъугьун 12 анкь балелде хӏисабалда лъурал улбузе кьолеб буго гьеб. Батӏалъи гьечӏо, чӏужугӏадан хӏалтӏулей йигониги гьечӏониги.\nРегионалда щивав чиясе гӏумру гьабиялъе гӏураб къадаралдаса цӏикӏкӏун жидер рокъобе хайир бачӏунарел улбузе кумеклъун кколеб буго гьеб пособие. Поликлиникаялда хӏисабалда лъуралдаса нахъе 30 къоялда жаниб кьезе бегьула Пенсиялъул фондалде гӏарзаги.\nЯлгъузай эбелалъ яги инсуца хьихьарал 8-16 сонил ригьалъул лъималазе щибаб моцӏие, гьоркьохъеб хӏисабалда, 5650 гъурущ бихьизабун буго. Гьеб ккола регионалда цо лъимадуе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул бащдаб бутӏа. Киналго ялгъузал хъизамазеги щоларо гьеб пособие. Пособие щвеялъул шартӏлъун ккола гьеб хъизам ресукъаб букӏин.\nДРялъул Захӏматалъул ва социалияб хъулухъалъул министерствоялъул сайталдаги рехсон буго тӏоцебесеб июлалдаса нахъе гӏемерал лъимал ругел хъизамазе пачалихъалъ гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ.\nХӏалтӏулеб бакӏ къаялдалъун хӏалтӏудаса эркен гьарурал лъимаде ругел яги лъимал гьарурал руччабазе бихьизабун буго 708 гъурущ.\nЛъимер гьабидал цо нухалъ кьола 18 886 гъурущ; тӏоцебесеб, кӏиабилеб ва хадусел гьарурал лъималазда хадуб хъулухъалъе щибаб моцӏрое – 7 082 гъурущ. Тӏоцебесеб лъимер гьабуразе яги хьихьизе бачаразе щибаб моцӏалъ – 10757 гъурущ.\nЩибаб моцӏрое лъимадуе бихьизабураб пособиялъул къадар – 214 гъурущ; чиякъал руччабазул лъималазе – 428 гъурущ; рагъулаб хъулухъалда ругезул лъималазе – 321 гъурущ.; алиментаздаса лъутанхъулел эбел-инсул лъималазе – 321 гъурущ. Рагъулаб хъулухъалда вугесул лъимадуе цо нухалъ кьола 29908 гъурущ.; гьезулго лъималазе щибаб моцӏалъ – 12817 гъурущ.\nВакцина гьабун хадуб захӏмалъи ккаразе цо нухалда кьезе бихьизабун буго 10000 гъурущ ва щибаб моцӏие – 1427 гъурущ.\nЩуабилеб ва гьездаса хадуб гьабураб щибаб лъимадуе цо нухалда кьола – 10000 гъурущ; анцӏабилеб нухалда ва гьездаса хадуб гьабураб щибаб лъимадуе – 300 азарго гъурущ; кӏиго лъимер цадахъ гьабураб хъизамалъе – 20000 гъурущ.; лъабго яги цӏикӏкӏун лъимер цадахъ гьабураб хъизамалъе — 100 азарго гъурущ."}
{"slug": "12735-aralde-mug-chivajgi-gabun-bukiineselde-rakichiejgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12735-aralde-mug-chivajgi-gabun-bukiineselde-rakichiejgun", "title": "Аралде мугъчӏвайги гьабун букӏинеселде ракӏчӏейгун", "date": "2021-06-24 09:11:41", "categories": ["gara"], "text": "Дагъистан автономияб республикалъун лъазабуралдаса 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьун буго щибаб магӏарул районалъул хӏакъалъулъ, гьезул тарихалъул, социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул, рухӏиябгун маданияб гӏумруялъул, жакъасеб ахӏвал-хӏалалъул, цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби кьезе.\nЖакъасеб номералда бицен гьабулеб буго беричаб тӏабигӏаталъул, бечедаб, некӏсияб тарихалъул, республикаялъул ва улкаялъул тарихалда лъалкӏ тарал анцӏ-анцӏ машгьурал чагӏи рахъараб, захӏмат хириял гӏадамаз гӏумру гьабулеб Шамил районалъул хӏакъалъулъ. Жакъа нижехъ гьоболлъухъ вуго Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасанов.\nТАРИХАЛДАСА\n— Мухӏамад, гара-чӏвари байбихьилин тарихалдасан. Кида ва кин гӏуцӏараб район?\n— Граждан рагъ лъугӏун хадуб, Дагъистаналда Советияб власть щулалъидал, ДАССРалъул ЦИКалъул хӏукмуялдалъун Авар, Гӏанди ва Гъуниб округазда гьоркьоре унел рукӏарал цо-цо росабиги цолъизарун, 1928 соналъул 22 ноябралда Къахӏиб росулъ центргун гӏуцӏун буго Къахӏиб кантон.\n1929 соналъул 3 июналда кантон сверизабуна районалде. Гьебго соналъул 25 октябралда Къахӏиб районалъул центр бахъула Гӏураде росулъе.\n1932 соналъул 26 сентябралда районалъул центр цӏидасан бахъула Къахӏиб росулъе.\n1960 соналъул 14 сентябралда РСФСРалъул Верховный Советалъул президиумалъул хӏукмуялдалъун районалъул цӏар хисизабула Советский абун. 1961 соналда райцентр бахъана, цебе почалъул цо мина гурони жаниб букӏинчӏеб, Авар гӏурул рагӏалда бугеб Хӏебда абулеб бакӏалде. Цӏигӏуцӏараб росдае кьуна Советское абун цӏар.\n1994 соналда республикаялъул Верховный Советалъул президиумалъул указалдалъун районалъе кьола имам Шамилил цӏар, райцентралъе – Хӏебда абун.\nИмам Шамилил цӏар районалъе кьеялъе аслияв хӏаракатчилъун вукӏана Суракъат Асиятилов. Гьединал цӏаралги, бакӏалги, хиса-свериялги ккана районалъул тарихалда.\n— Республика гӏуцӏун араб нусго сонил заманалъул цӏикӏкӏарасел сонал ана советияб гӏуцӏиялда. Гьанже батӏи-батӏияб буго доб гӏуцӏиялъеги гӏумруялъеги кьолеб къимат. Гьеб рахъалъ дур пикру кинаб бугеб?\n— Гьанже лъица щиб бицаниги, советияб гӏуцӏиялъул заманалда кьучӏдасанго лъикӏаб рахъалдехун хисана магӏарулазул гӏумру-яшав, цебетӏуна миллияб культура, рукӏарахъин, росабалъ рагьана школал, сахлъи цӏуниялъул идараби, сухъмахъаз цолъизарун рукӏарал росабалъе гьаруна шагьранухал, цӏана токалъул кварал. Рес щвана лъай босизе тӏадегӏанал ва гьоркьохъел цӏалул идарабазда цӏализе ине.\nРукӏун ратила доб гӏуцӏиялъе хасиятал гъалатӏалги гӏунгутӏабиги, гьел щибаб гӏуцӏиялда камуларо. Гӏамм гьабун абуни, мукъсанал рекьулел ракьазда лъагӏалие гӏураб хӏалухъин щоларел магӏарулазе чедгӏаги чӏезабуна Советияб власталъ. Ракӏалде щвезабе нилъер умумул чед балагьизе гьирихъ Чачаналде, лъарагӏлъиялде, Цӏоралде хьвадулел рукӏараблъи.\n— Районалъул нухмалъуде вачӏиндал, дуца хӏалтӏи росабалъе сапарал гьариялдасан байбихьанин абуна.\n— Районалъул бетӏерлъун вачӏиндал, росабалъ бугеб ахӏвал-хӏал лъазе ккола. Тӏоцебесеб иргаялда районалъул щибаб идараялъул нухмалъулелгун цадахъ киналго росабалъе щвана дун. Дандчӏвана жамагӏаталгун, гӏенеккана гьезул тӏалабазухъ, цӏехана цогидалги тӏуразе хӏажатал суалал. Гьел киналго дандеги росун, 2016-2021 соназда районалда гьаризе кколел хӏалтӏабазул бахъана социалияб карта. Гьел рикьана жалго росабазул администрацияз гьаризе кколезде, районалъул ва республикаялъул бюджетаздасан гьаризе кколезде, федералиял проектазда гьоркьоре рачун гьарулезде. Цо бутӏа спонсоразул, меценатазул кумекалдалъун гьаризе рес бугезде. Щибаб суал тӏубаялъе рихьизаруна болжал ва жавабияв.\nХӏАЛТӏАНИ, ХӏАСИЛ ККОЛА\n— Гьедин мухӏканаб тартибалда гӏуцӏараб хӏалтӏул хӏасилалги мун разияб хӏалалда ккун ратила…\n— Кӏвана гӏезегӏан хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе. Рехселин цоцоял. Мугӏрузул шартӏазда бугеб районалда аслияб кӏвар бугеблъун ккола санагӏатал нухал рукӏинари. «Дир Дагъистан — дир нухал» абураб проекталда рекъон къачӏана ва гӏатӏид гьаруна Мусрухъ, Къваниб, Хучада, Цӏекӏоб, Лъануб, Гьолокь, Гӏурада, Хӏебда, Ругъелда, Гӏасаб, Мачӏада ва Гӏуриб цо бутӏа нухалъул. Гьолокь-Тӏелекь, Хӏотода-Тӏидиб ва Ракьуб нухазул цо бутӏаялде тӏуна хъил. Тӏаса Бакълъухъ росулъе кьоги лъун, цӏияб нух гьабуна. Исана руго Къахӏиб-Гьоор ва ГидмостЛъахъ нухазда хъил тӏезе. Хъил тӏун лъикӏаб тӏалабалда чӏезабун буго республикаялъул кӏваралъул Лъаратӏе, Бежтӏе ва Цӏунтӏе унеб нижер нухазул идараялъ хъулухъ гьабулеб Шамил район къотӏун унеб 67 км нухлулги.\nАнцӏила анлъго километралда, рогӏралги лъун, лъим бачана Микьигьорибе, анцӏго километралда — Тӏидибе, лъим бачун рагӏалде бахъинабуна Гьоориб росулъеги.\nИсана кватӏичӏого байбихьизе буго Хӏебда росулъе лъим бачине, гьелъие биччараб цо къадар сурсатазул щун буго.\n«100 школа» проекталда рекъон 23 школалда ва анлъго лъималазул ахалда гьабуна капиталияб ремонт. Футболалъул майданал рана Тӏелекь, Хӏебда, Гъогъолъ ва Могьохъ росабалъ. Лъабго школалда рана цӏиял, гьанжесел тӏалабазда рекъон лъимал кваназарулел пищеблокал, исана гьел разе ракӏалда буго жеги лъабго школалда.\n«Комфортная городская среда» проекталда рекъон хъил тӏун ва къоно лъун къачӏана Гъоркьа Бакълъухъ ва Гӏурада жамгӏиял бакӏал.\nИсана хӏалтӏаби унел руго Къахӏиб ва Тӏидиб росабалъ. Берцин гьабун къачӏана райцентралда хӏухьбахъиялъул парк, гьениб гьабуна лъималазе площадка, кӏиго къватӏалда тӏуна хъил, бана РОВДялъул цӏияб мина. Исана жиб гӏуцӏаралдаса 60 сон тӏубараб Хӏебда росу релълъун буго мугӏрузда бугеб гьитӏинабго шагьаралда.\nСпонсоразул кумекалдалъун Гӏурада росулъ машгьурав советияв военачальник, генерал-полковник М. Танкаев гьавуралдаса 100 сон тӏубаялъул юбилеялде бана ва хӏалтӏизе кьуна музеялъул мина.\nМачӏада росулъ рана КЭМЗалъул ген. директор М. Ахӏматӏовас Европаялдаго бищун борхалъуда жиб бугеб, гӏисинал самолетал рещтӏунеб взлетно-посадочная полоса ва хӏалтӏухъабазе хӏухьбахъиялъул рукъзал. Гьебго росулъ хӏалтӏизе биччалеб буго спортивиябгун сахлъизариялъул лагерь.\nГьолокь басрияб росулъ 1.5 км. тӏуна хъил. Дагъбаш росулъе щолеб бакӏалда бана цӏияб кьо. Могьохъ росулъ балеб буго цӏияб школалъул мина. Гьединго спонсоразул кумекалдалъун бан рагӏалде бахъунеб буго Гъ. Бакълъухъ спортивияб комплексги.\nЛъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго районалда, росабазул гӏадамаз гӏарацги данде рехун, жиде-жидерго росабалъе ругел нухал къачӏай ва гӏатӏид гьари, лъел мухъал къачӏай.\nРосабалъ чӏезабун буго рацӏцӏаракъалъи, кьишникъул бакӏариялъул гӏадлу-низам. Тӏидиб росулъ клубалъул мина цӏи гьабуна ва цӏияб клубалъул мина бана Хучада росулъ.\nЦогидалги, хасго ахирал соназда гьарурал хӏалтӏаби рехсани, гьеб халалъила. Гьабураб хӏалтӏи районцоязда бихьулеб буго.\nРайоналъул жамагӏатазе рукӏа-рахъиналъул, школазда, лъималазул ахазда, нухазда ва цогидалги шартӏал гӏуцӏизе ккани, тӏоцебесеб иргаялда хӏажалъула сурсатал (бюджеталъул хайир).\n2016 соналда налогаздасан хайирлъана 55 млн. 2020 соналда хайир бахана 88 млн. гъурщиде.\nНиж рохарал руго район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏезабиялъулъ ракӏ разиял хӏасилал ккеялдаса ва гьеб рахъалъ республикаялъул мугӏрузул районазда гьоркьоб 2016 соналда кӏиабилеб бакӏ, 2017, 2018, 2019 соназда тӏоцебесел бакӏал кквеялдаса.\nРОСАБИ ЦӏИЛЪУЛЕЛ РУГО\n— Мугӏрузулаб район бугелъул, аслияб къагӏидаялда гӏадамазул бетӏербахъи гӏи-боцӏудасан батилаха…\nЦебе районалда букӏана анлъгоанкьго промышленниял предприятиязул филиал, гьениб гӏезегӏан гӏадамазе хӏалтӏиги букӏана. Хӏабургъарал 90-абилел соназда гьел къана. Цохӏо Мачӏада ва Хӏебда хутӏун руго Гъизляралъул электромеханикияб заводалъул цехал. Районалда буго пластикалъул нуцӏби, гордал гьарулел ва цӏулал, маххул хӏалтӏаби гьарулел цехал. Гьайгьай, гӏи-боцӏи хьихьи росабазул бакӏалда аслияб магӏишатияб бутӏалъун букӏана ва буго. Дол цересел колхозазул ва совхозазул бакӏалда гьанже буго 17 СПК. Гьениб, КФХязда ва жалго бетӏергьанал магӏишатазда хьихьун буго 3600 чӏегӏерхӏайван, 140 азарго гӏи-цӏцӏани. Цо къадаралъ гӏадамаз бетӏербахъи гьабулеб буго даран-базаралдалъун, райцентралда ва росабалъ хӏалтӏулел руго нусгоялдаса цӏикӏкӏун промышленниял ва кванил нигӏматазул тукаби. Дагьал гьечӏо наял хьихьулел ва чуял гӏезарулел чагӏиги.\n— Магӏарухъа гӏадамалги лъарагӏлъиялде гочун, гӏисинлъулел руго нилъер росаби. Цо-цо районазда тӏубанго рехун таралги росаби руго. Шамил районалда гьеб рахъалъ щиб хӏал бугеб?\n— Нижер росаби цӏилъулел ва кӏодолъулел руго. Чӏунтизе тарал росаби гьечӏо. Хӏатта шагьараздаса магӏарухъе тӏад руссун жиде-жидер росабалъ басриял минаби къачӏалел, цӏиял ралел руго.\nРосабалъ халкъ цӏикӏкӏунеб буго, лъимал гьариялъул рахъалъги Дагъистаналдаго ниж цебесеб кьерда руго. Гьабсагӏаталда районалъул 25 муниципалияб цолъиялъул 48 росулъ гӏумру гьабулеб буго 30500 чияс.\nТУРИЗМ ВА ГӏОЛИЛАЗУЛ ВА ГӏУМРУ\n— Шамил район бечедаб буго тӏабигӏиял ва тарихиял памятниказдалъун. Гьанже республикаялда кӏудияб кӏвар кьолеб буго туризм цебетӏезабиялде. Районалда гьеб рахъалъ кинаб ахӏвал-хӏал бугеб?\n— Хӏакъикъаталдаги туризм цебетӏезабиялъе нижер районалъул руго гьарзаял ресал. Районалъул ракьалда буго 80 архитектурияб памятник, гьездасан 17 памятник федералияб кӏваралъул. Гьединго буго ганчӏил гӏасруялдаса байбихьун лъебергоялдаса цӏикӏкӏун археологияб памятникги.\nАраб соналда районалде вачӏун вукӏана 12500 турист, гьаб соналъул арал моцӏазда нижехъе щвана микьазаргогӏан турист. Гьел гъираялда унел руго Басрияб Гьоор росулъ хутӏарал гьоркьохъел гӏасрабазул сиязухъ балагьизе, Бакъда Къахӏиб росдал хутӏелал рихьизе, Мусрухъ ва цогидалги бакӏазда ругел рагъулал ва хъаравуллъиялъул сиял рихьизе. Хасго асар гьабула гьалбадерие Датуна росдада гӏагарлъухъ цӏунун хутӏараб Северияб Кавказалъул ракьалда цого цо бугеб IX гӏасруялда бараб насраниязул гьатӏаналъ, ХVII –ХVIII гӏасрабаздаго бакӏалъулаб архитектураги цӏунун рарал мажгитаз ва михӏмараз.\nСомолазул магӏарда, Гӏасаб, Лъануб, Цӏекӏоб росабазул ракьазда руго хӏорал, чваххелаби, гьарзаго руго рохьал. Районалъул культураялъул отделалда вуго туризмалъул рахъалъ хӏалтӏи гьабулев хасав махщелчи. Бахъун буго районалъул ракьалда туристазул маршрутазул хасаб карта, туристал рещтӏине микьго бакӏалда ран руго гьалбадерил рукъзал.\n— Шамил районалъул гӏолилазул цолъи, цогидал районазул гьединалго гӏуцӏабазде дандеккун, тадбир бугеб, гъункараб, экстремизмалдаса, терроризмалдаса рикӏкӏадаб, умумузул гӏадатал ва дин цӏунараблъун рикӏкӏуна…\n— Батӏайиса букӏине ресги гьечӏо. Шамил районалъул халкъ буго Дагъистаналдаго гӏодосанго исламияб дин ккураб, гьеб цӏунараб. Гьелдаса кьуризе рес ва батӏияб нух букӏинаро хадуб гӏолеб гӏелалъе. Гӏадада букӏинчӏо советияб гӏуцӏиялъул тӏоцересел соназдаго, 1923 соналъул ноябралда, Къахӏиб росулъ Дагъистаналъул гӏалимзабазул тӏоцебесеб съезд тӏобитӏиги.\nРайоналдаса рахъана гӏараб гӏелмуялъул рахъалъ цоги улкабаздаги цӏар рагӏарал гӏалимзаби, шайихал. Жакъа районалъул росабалъ буго, авал мажгиталги малъун, кӏинусгогӏан мажгит, киналгоязде гӏунтӏун росабалъ рагьун руго мадрасаби. Гӏасаб росдал Мочӏолъ абулеб бакӏалда – исламияб институт.\n— Рухӏияб рахъалъ гуребги, дунявияб рахъалъги гӏолеб гӏелалъ мисал босизе, район, республика улкаялдаго машгьур гьабурал гӏезегӏан цӏарал кенчӏана Шамил районалъул тарихалда…\n— Гьединал мустахӏикъал гӏадамал гӏемерал руго. Гьезул киназулго цӏарал рехсани, халатаб читӏир лъугьина. Гӏицӏго рехсела цо чангояв. Северияб Кавказалдаса цого-цо вахъарав ва тӏоцевесев Советиял аскаразул полководец, генерал-полковник М. Танкаев, милициялъул генерал-лейтенант М. Гӏабдуразакъов, юстициялъул генерал-майор Хӏ. Хашаев, Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи, С. Абакаров, Дагъистаналдаса тӏоцевесев СССРалъул самбоялъул ва эркенаб гугариялъул рахъалъ чемпион С. Асиятилов… Районалдаса вахъана 26 гӏелмабазул доктор, профессор, 82 гӏелмабазул кандидат.\n— Гьаб соналъул 24 апрелалда республикаялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов, цадахъ чанго министргун, щвана Шамил районалде. Гьеб букӏана премьерасул мугӏрузул районазде гьабураб тӏоцебесеб хӏалтӏул сапар…\n— Цадахъ министралги рачун республикаялъул премьер-министр районалде вачӏин нижее кӏудияб лъугьа-бахъин ккана. Баркала буго гьесие хӏалуцараб хӏалтӏи бугониги, районалде вачӏине рес батаралъухъ.\nГӏ. Гӏамирханов щвана Гьолокье, Къахӏиб-Гьоор росабалъе, Къахӏиве (цӏияб кьо балеб бакӏалде), Ругъелде. Дандчӏвана гӏадамалгун, райадминистрациялдаги тӏобитӏана данделъи.\nЩвараб ресалдаса пайдаги босун, нижецаги гьарана чара гьечӏого тӏуразе хӏажатал цо-цо объектал раялъе кумек. Тӏаса Бакълъухъ ва Гӏуриб росабалъе хӏажат руго фельдшеразулгун акушерлъиялъул пунктазе минаби. Гӏасаб ва Хӏотода росабазе хӏажат руго лъималазул ахазе минаби, Гӏуриб, Ругъелда, Гьолокь цӏиял школал. Республикаялъул бюджеталдасан гурого тӏуразе рес гьечӏел цогидалги суалал рорхана нижеца.\nГьел тӏураялъе кумек гьабизе рагӏи кьуна премьерас. Цо бутӏа суалазул тӏуразе гьес гьенибго тӏадкъана цадахъ рукӏарал министрзабаздаги. Хӏасил гьабун абуни, аралде мугъчӏвайги гьабун, бачӏунеселде ракӏчӏарал галабигун церехун ине нияталда руго нижер районалъул захӏматчагӏиги муниципалитеталъул нухмалъулелги.\nГара-чӏвари гьабуна Пайзула ПАЙЗУЛАЕВАС"}
{"slug": "12741-kvartiil-kiutii-ragiula-rekiel-kiutii-kinigin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12741-kvartiil-kiutii-ragiula-rekiel-kiutii-kinigin", "title": "Квартӏил кӏутӏи рагӏула, рекӏел кӏутӏи кинигин…", "date": "2021-06-24 09:31:14", "categories": ["insan"], "text": "17 июналда Патӏимат Хӏамзатовалъул цӏаралда бугеб республикаялъул музеялда рагьана Россиялъул халкъияв художник, машгьурав цӏулал устар Хӏамзат Гъазимухӏамадовасул хӏалтӏабазул цебелъей.\nХӏамзат ккола Унсоколо росулъа цӏар рагӏарал художниказулги цӏулал устарзабазулги наслу-тухумалъул чи. Гьев вуго гӏицӏго ансадерие хасиятал накъищал рикӏиялъул махщелчи. Гӏолохъанго тӏатана гьесулъ махщел, сон барабгӏан камиллъана жиндиего хасиятаб устарлъиялъул хатӏги, художникасул мацӏги. Хӏамзатица, жиндирго хӏалтӏабазулъ цӏиги гьарун, халкъалъе рагьана некӏсиял ансадерил накъищал.\nЦебесеб къагӏидаги цӏунун, гьес ургъана жиндирго накъищалги. Ан- садерил накъищал тӏад рикӏарал хӏалтӏаби руго дунялалда кирниги такрарлъи гьечӏел, лъиданиги релълъинчӏел. Хӏамзатица кӏудияб квербакъи гьабуна жидерго мухъалъул накъищазул къагӏидаби цере тӏезариялъе.\nХӏамзат Гъазимухӏамадов вуго азаргоялдасаги цӏикӏкӏун хӏалтӏия лъул автор. Гьесул кверзул устарлъиялъул тӏагӏелал руго нилъер улкаял- да гурелги, къватӏисел пачалихъазул музеяздаги.\nГьеб цебелъеялъухъ ралагьизе къокъаби ккунниги, жалго цохӏониги гӏемер гӏадамал ругоан рачӏунел. Гьенире рачӏун руго Дагъистаналде хӏухьбахъизе щварал туристалгицин. Гьезиеги Хӏамзатил устарлъиялъ кӏудияб асар гьабунин бицана нижее музеялъул хӏалтӏухъабаз.\nХӏакъикъаталда, дунгоги хӏикматал гьавуна гьел хӏалтӏабаз. Гьезулъ бихьулеб бугоан авторасул кверазул квалиялдасаги ракӏалъ гьабураб хӏалтӏи цӏикӏкӏун букӏин. Магӏарулазул батӏи-батӏиял цӏулал тӏагӏелазда рухӏ бижизабун бугоан гьезда тӏад рикӏарал батӏи-батӏиял накъищаз. Гьеб киналъго паналъи- завурав дида ракӏалде рачӏана гьал рагӏаби:\nКвартӏил кӏутӏи рагӏула, рекӏел кӏутӏи кинигин,\nРогьел мугӏрузул тӏогьиб тӏибитӏулеб гӏужалда…\nХӏамзат Гъазимухӏамадовас 70 сон тӏубаялда хурхун гӏуцӏараб гьесул хӏалтӏабазул цебелъей букӏине буго 18 июлалде щвезегӏан.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "12742-tsiuna-k-an-rugoni-untularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12742-tsiuna-k-an-rugoni-untularo", "title": "Цӏуна-къан ругони, унтуларо", "date": "2021-06-24 09:33:13", "categories": ["vakcina"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Мурад Казиевасул гӏахьаллъигун тӏобитӏараб Жамгӏияб палатая лъул данделъиялда бицана республикаялда вакцинация гьабиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб тадбиралда гӏахьаллъана жамгӏиял гӏуцӏабазул нух малъулелги.\nЖамгӏияб палатаялда\nКӏалъазе рахъарал Жамгӏияб па латаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовас, Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Поповас, республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Бе- ляевалъ, тележурналист Ильман Гӏалипулатовас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас, Ша- милил фондалъул бетӏер Гӏалиасхӏаб Хархачаевас бицана церечӏарал масъалабазул ва сунде кӏвар кьезе кколебали. Ахираб заманалда кови- далъ унтаразул къадар гӏемерлъулеб букӏиналъе гӏиллалъунги рехсана цӏодорлъи гьабунгутӏиги тохтурзабазул рагӏи гӏадахъ босунгутӏиги.\nТ. Беляевалъ абуна Дагъистан вакцина гьабиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб рачӏчӏалда бугин. Унти тӏибитӏиялъе гӏиллаги кколин жиндир заманалда вакцинация гьабиялде кӏвар кьунгутӏи.\nРеспубликаялда вакцина гьабизе ккола халкъалъул 60 проценталъе, ай миллионгун 300 азарго чиясе. Гьеб масъала тӏубазабизе ккани, щибаб къойил вакцина гьабизе ккола къоазаргогӏанасев чиясе. «Масала, 17 июналда республикаялда унтун вукӏун ватани 176 чи, нахъисеб къоялде гьезул къадар бахана 210-ялде. Гьабсагӏаталда 502 чи вуго кислородалъул кумекалдалъун хӏухьел цӏалев», — ан бицана министралъ.\nРеспубликаялъул больницабазда ковидалъ унтаразе хӏадурун буго кӏиазаргоялдасаги цӏикӏкӏун койка.\nЦӏуна-къаялъул тадбирал рагӏа-ракьанде щун тӏуралеб къогоялдасаги цӏикӏкӏун районалда сордо-къоялда жанив цониги чи унтичӏолъиялъул хӏужжабиги руго.\nДанделъиялъул хӏасиллъун ккана республикаялъул халкъалде вакцина гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ хитӏаб гьаби. Гьелдаго цадахъ жамгӏиял гӏуцӏабазда тӏадкъана гьеб иш хехго тӏубаялъе гьарулел тадбирал гӏумруялде рахъинаризе. Шамилил фондалда «Шамилил фонд» абураб культуриябгун тарихияб жамгӏияб гӏуцӏиялдаги тӏобитӏана коронавирусалде данде вакцинация гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ бицараб данделъи. Фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаевас бихьизабуна гьеб рахъалъ республикаялда ахӏвал-хӏал хӏалуцун букӏин.\n— Коронавирусалъ унтаразул къадар къойидаса-къойиде цӏикӏкӏунеб буго. Вакцина гьабизе бегьуларин, вирусги ургъун бахъараб жо бугин ахӏи балел гӏадамазулгун «рагъ базе» ккун буго. Гьединал гӏадамазухъ гӏенеккун чӏани, дагь-дагьккун тӏагӏине буго нилъер халкъ, — ан абуна Хархачаевас.\nДанделъиялда гӏахьаллъи гьабурав ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовас абуна цебеялде данде жеги захӏматаблъун лъугьун бугин унти.\n— Коронавирусалдаса цӏуниялъе, вакцина гуреб, тӏокӏаб батӏияб къагӏида гьечӏо. Нилъеца гьитӏинаб къоялдаса нахъе гриппалде ва цогидалги рахунел унтабазде данде прививкаби гьарулаан. Жакъа гӏадинаб дандечӏейги харбалги тӏиритӏизарулароан, абураб вакцинаги гьабун чӏолаан. Гьез инсанасе кинабгӏаги зарал гьабилинги ракӏалдего кколароан. Гьанже жидедаго ракӏалде ккараб жо бицунеб буго гӏадамаз. Гьелдалъун жидеегоги гӏагарлъиялъеги хӏинкъиги лъугьинабулеб буго. Масала, цо-цояз абулеб буго вакцина гьабуралги унтулел ругин.\nВакцина гьабурал гуро унтулел ругел, унтулел руго гьеб гьабунин абун гьересиял справкаби росарал. Дицагоги гьабуна коронавирусалде данде прививка. Гьеб гьабизе нуж киналгоги ахӏула, — ян бицана Жамгӏияб палатаялъул председателас.\nДРялъул бетӏерасул гӏакълучи Шамхалдибир Гӏисаевас бицана, ДРялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, лъабго къоялда жаниб анкьго районалде щванин коронавирус тӏибитӏиялъул ва вакцинация гьабиялъул ахӏвал-хӏал цӏехезе.\n— Гьел районазда халкъалъул 30-40 проценталъ гурони, прививкаби гьарун гьечӏо, унтаралги цӏикӏкӏунел руго. Гьел къоязда гьабураб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏудаса хадуб вакцина гьабулезул къадарги цӏикӏкӏана, унтаралги дагьлъана. Вакцинациялдаса хадуб захӏмалъи ккараб яги чи хвараб цогӏаги хӏужжаги ккечӏо, — ян бицана ДРялъул бетӏерасул гӏакълучияс.\nАваразул культурияб автономиялъул председатель Айтемир Сатираевас ракӏалде щвезабуна байбихьуда РФялъул президент Путиница коронавирусалъул бицун, гьелдаса цӏунеян лъазабидал, гӏемерисел божулел рукӏинчӏолъи. Хадуб гӏадамал хвезе байбихьидал, щибаб рокъоса чи унтидал, дару балагьулелги хутӏанин абуна гьес.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "12743-akhbazanal-ul-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12743-akhbazanal-ul-bajram", "title": "Ахбазаналъул байрам", "date": "2021-06-24 09:35:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "3-4 июлалда Махӏачхъалаялда, Пушкинил цӏаралда бугеб къотӏноб, тӏобитӏизе буго Ахбазаналъул фестиваль. Гьеб ккола республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъ тӏобитӏулеб тадбир.\nГьелго къоязда тӏобитӏизе буго республикаялда ахихъанлъи цебетӏезабиялда хурхун гӏелмияб конференцияги, букӏине буго кӏудияб ярмаркаги.\nЖидерго ахикь гӏезабураб нигӏматгун магӏарухъа гӏемерал ахихъаби рачӏине руго гьеб къоялъ Махӏачхъалаялде. Гьабсагӏат хьиндаллъиялда тӏад бан бугин абизе бегьула ахбазан барщулеб гӏуж. Щибаб къоялъ ящикал цӏун пихъ бакӏарулел, гьеб жанибе кьезе къотӏи-къаял гьарулел, машинабазде гьеб баччулел руго ахил бетӏергьаби.\nМагӏарухъ гьабсагӏат бищунго цӏикӏкӏун ахбазан гӏезабулел районазда гъорлъ рехсола Хьаргаби ва Унсоколо. Амма Гумбет, Болъихъ ва Шамил районаздаги дагьал гьечӏо куракул ахал.\n— Цере гӏадин, консервал къалел заводал гучалда гьечӏониги, ахбазан гӏезабиялде кьолеб кӏвар дагьлъун гьечӏо магӏарухъ, — илан бицана Болъихъ районалъул Кьохъ росулъа Фатима Гӏисаевалъ.\n— Ахбазаналъул компот, мурапа ва цогидаб нигӏмат цӏакъ бокьула халкъалъе. Гьединго гьелъул гагадул гьабураб хьодуде ва урбаялде нилъер гьаниб, хасго шагьаралда гӏумру гьабун ругезул цӏакъ хьул лъола. Узухъда, гӏемераб гӏетӏги тӏезе ккола, ахие хъулухъ гьабулаго, бигьаяб хӏалтӏи гуро гьеб. Амма, баччараб захӏматалда рекъон, нилъ разияб хайир гьелдаса щвечӏогоги хутӏуларо.\nФестиваль тӏобитӏулеб букӏинги лъикӏаб тадбир буго. Нилъерго ахбазан цогидазда бихьизабизе, гьелъул тӏагӏамалъул хӏалбихьизе рес щвела къватӏиса рачӏаразеги.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12744-l-abgo-lageral-ragana-nutsibi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12744-l-abgo-lageral-ragana-nutsibi", "title": "Лъабго лагералъ рагьана нуцӏби", "date": "2021-06-24 09:36:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьаб цебегӏан Шамил районалъул Мачӏада росулъ рагьана Расул Хӏамзатовасул цӏар кьураб лъималазул цӏияб лагерь. Гьеб рагьиялъул хӏурматалда рохалилаб тадбирги тӏобитӏана гьениб.\nШамил райадминистрациялъул пресс-хъулухъалъул хӏалтӏухъан Меседо Ибрагьимовалъ гьадин бицана лагералъул хӏакъалъулъ: «Мачӏада росдада тӏаса, рохьил ахалъуда, гӏатӏидаб майданлъиялда буго лъималаз риидалил хӏухьбахъиялъе бараб гьеб комплекс.\nБихьарасда гурони, гьениб бугеб берцинлъиялъул бицун бичӏчӏиларо. Бацӏцӏадаб гьаваялъги, сверухъ ругел батӏи-батӏиял гъутӏбузги, хӏанчӏаз рачунел бакъназги хӏайран гьабураб гьеб сверухълъи, жеги берцин гьабулеб букӏана гьенире рачӏарал лъималазухъ балагьидалги.\nЛъимал спорталъе ва кьурдуе ругьун гьаризе, гьединго эркенаб заманалда гьел цӏалдезе ва батӏи-батӏиял хӏаял тӏоритӏизе шартӏалги чӏезарун руго гьенир.\nЛагерь рагьизе кьучӏ лъурав ва жиндиргоги гӏагарлъиялъулги кумекалдалъун гьеб базе кумек гьабурав чи ккола райсобраниялъул депутат Шейхмухӏамад Шамилов», — ян.\nШамил районалъул нухмалъулесул заместитель Махӏач Махӏачевасул рагӏабазда рекъон, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда Мачӏада барабги малъун, гьанже лъабго лагерь буго районалда.\n— Рорхатал мугӏрузда гьоркьоб, лагерь базе дагьаб санагӏалъи гьечӏеб бакӏ букӏиналъ, гӏемераб къоги бихьанин абизе бегьула Ш. Шамиловасда. Бугониги, жиндаго ракӏалде ккараб иш рагӏалде бахъинабуна гьес. Гьанже Мачӏада буго 260 лъимер къабул гьабизе кӏолеб берцинаб лагерь.\nГьединго Къваниб буго 1998 соналдаго рагьун букӏараб «Рохел» абураб лагерьги. 2010 соналда гьелъие щун букӏана «Республикаялда бищун лъикӏаб лагерь» абураб цӏарги. Гьебго соналъ сверун гъутӏбиги чӏун, берцинги гьабун букӏана гьеб. Исана гьелъ къабул гьабуна 330-гӏанасеб лъимер.\nЛъабго соналъ цебе Къахӏиб росулъ рагьараб «Гӏалило» абураб лагералъги исана къабул гьавуна 260-гӏанасев чи.\nЛъабго соналъ цебе Къахӏиб росулъ рагьараб «Гӏалило» абураб лагералъги исана къабул гьавуна 260-гӏанасев чи.\nГӏаммаб къагӏидаялъ 800-гӏанасеб лъимералъ хӏухьбахъи гьабулеб буго исана Шамил районалъул лагеразда, — ин бицана М. Махӏачевас."}
{"slug": "12745-kovidal-ul-l-ababilebgi-karachel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12745-kovidal-ul-l-ababilebgi-karachel", "title": "Ковидалъул лъабабилебги карачел", "date": "2021-06-24 09:41:14", "categories": ["med"], "text": "Коронавирусалъ нахъеги кьаби щвезабизе байбихьана. Унтаразул къадар къойидаса къойиде гӏемерлъулеб буго. Тахшагьаралъул больницабазда койкабазул къадарги цӏикӏкӏинабуна. Ковидалъул лъабабилебги карачелалъ ахӏвал-хӏал хӏалуцинабизе квер бана.\n21 июналда Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас лъазабуна мажгитахъ тӏоритӏулел тадбирал, гьединго хабалахъе гьарулел зияратал гьукъулел ругилан. Гьелдаго цадахъ гӏорхъичӏваял лъазарун руго 150-ялдаса цӏикӏкӏун чи вугел данделъабазеги. Бертаби, гӏодорчӏеял ва гьел гурелги ихтилат-кепалъулал тадбирал тӏоритӏугеян абулеб буго Роспотребнадзоралъ. Амма гьезул ахӏиялде гӏинтӏамуларел гӏадамал дагьал гьечӏо. Социалиял гьиназда руго гьанир-дора тӏоритӏарал бертабаздаса роликал.\n18 июналдаса байбихьун хӏалтӏуде рачӏунгеян лъазабуна 65 сонил ригьалдаса тӏаде арал чагӏаздаги.\n22 июналда республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ тӏадкъай кьуна Махӏачхъала ва Хасавюрт шагьаразул больницабазда койкабазул къадар цӏикӏкӏинабеян. Мисалалъе, Махӏачхъалаялъул клиникияб больницаялда тӏадеги лъун буго 166 койка. Хасавюрталда унтарал къабул гьаризе руго шагьаралъул аслияб Р. П. Аскерхановасул цӏаралда бугеб больницаялъ. Гӏаммаб куцалда республикаялъул больницабазда хӏадурун буго 2313 койка.\nХӏажимурад Маллаевас нухмалъи гьабулеб Махӏачхъалаялъул № 1 больницаялъги бищун цебе гӏадин лъазабуна жидецаги койкабазул къадар цӏикӏкӏинабунилан. Гъоркьиса пандемиялъул хӏалуцин бугеб мехалъ, бищун гӏемер унтарал къабул гьарурал больницабазул цояб букӏана гьеб.\nГьабсагӏат гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ нижее бицана бетӏерав тохтурасул кумекчи Исрапил Исрапиловас:\n— Нижер больницаялда вуго ковидалъ унтарав 846 чи. Цохӏо араб анкьида жанив 546 чи вачӏана гьениве. 22 июналдаги 84 чи къабул гьавуна больницаялъ. Реанимациялда вегун вуго 23 чи, унтаразда гъорлъ йиго лъимаде йигей 9 чӏужугӏаданги. Республикаялда ахӏвал-хӏал хӏалуцунеб буго къо бахъанагӏан. Араб соналде дандеккун балагьани, исана унтаразда гъорлъ гӏемерлъулел руго гӏолохъаби. Мисалалъе босани, гьел ккола 1995-1996 соназда гьарурал.\n— Араб соналде дандеккун балагьани, исана унтул хӏалуцин цӏикӏкӏана битӏун багӏарараб риидалил заманалда. Нужер пикруялда, щай гьедин ккараб?\n— Цӏуна-къаялъул тадбирал гьареян кигӏан тохтурзабаз ахӏи баниги, гьелде гӏинкъаблъун хутӏана нилъер халкъ. Маскаби рачӏо, кверазде пун- хъизабулеб лъамалъи хӏалтӏизабичӏо, данделъаби гьаруна, бертабалъе ана. Къокъаб хӏасил, агъаз гьечӏолъиялъ бачана халкъ гьабсагӏат лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалде.\n— «Индиялъул штамм» абун цӏар бугеб коронавирусалъул цӏияб тайпаги щун буго республикаялде…\n— Хӏакъикъаталдаги, республикаялде «Британиялъул» ва «Индиялъул штамм» абураб кӏиябго гӏузру щун букӏин уяб жо буго. Гьабсагӏаталда «Британиялъул штамм» ковидалъ унтаразул щуго ва «Индиялъул штаммалъ» унтаразул 9 чи вугин республикаялдаян бицана 22 июналда Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда. Цебе букӏаралде дандеккун, гьеб кӏиябго вирус цӏакъго рекӏкӏаб бугин абула тохтурзабаз. Мисалалъе, кӏиго къоялда жаниб цӏакъго захӏматаб рахъалде сверун, квешаб бакӏалде ккезабулеб буго гьелъ унтарасул ахӏвал-хӏал, — ин бицана И. Исрапиловас.\nРеспубликаялда ковидалда ва вакцина гьабиялда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицана 22 июналда «Черновик» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб данделъиялдаги. Махӏачхъалаялъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтур Хӏ. Маллаевасги, республикаялъул Аграрияб университеталъул ректор, вирусолог Зайдин Жамбулатовасги, гьединго республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабазги гӏахьаллъи гьабуна гьениб. Ахӏун рукӏана журналисталги. Данделъиялъул гӏахьалчагӏазул рагӏабазда рекъон, вакцина гьабизе халкъалъ инкар кквеялъги буго гьабсагӏат республикаялда ахӏвалхӏал хӏалуцун. Статистикаялде балагьани, вакцина гьабурал пачалихъазда ковидалъ хваразул къадар дагьаб буго. Мисалалъе, Гӏизраилалда халкъалъул 70 проценталъ прививка гьабуна унтуда данде, гьениб ахӏвал-хӏалги гӏодобе биччараб буго."}
{"slug": "12844-bezhtia-uchastokal-e-rajonal-ul-status-k-varigiun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12844-bezhtia-uchastokal-e-rajonal-ul-status-k-varigiun-bugo", "title": "Бежтӏа участокалъе районалъул статус къваригӏун буго", "date": "2021-07-01 10:54:25", "categories": ["gara"], "text": "40 сон Краснодаралдаги бан, гӏагараб Бежтӏе тӏад вуссана Хӏусен Хӏайбулаев. Екатеринал шагьаралда Олимпиялъул резервалъул школалъул директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав машгьурав спортсменас 2019 соналъул июлалдаса нахъе тӏуразарулел руго Бежтӏа участокалъул нухмалъулесул ишал.\nБитӏараб бицани, спортсменал политикаялде рачӏунел рукӏиналдаса цо-цо чагӏазул бугеб разилъи гьечӏолъи дидеги «бахун» буго. Амма Бежтӏа бараб кӏиго къоялда жаниб Хӏусенилгун ккараб лъайхъваялдаса хадуб дир гьеб пикру тӏубанго хисана. Щайин абуни, гӏодоса эхедего хас гьабун муниципалияб хъулухъалде хӏадурарав чиясда гӏадин, тӏокӏкӏун лъалел ругоан гьесда Бежтӏа участокалъул масъалаби. Бихьулеб буго гьел тӏуразе Хӏусенил бугеб гъираги гьелъие гӏураб даража букӏинги.\nГьелъулъ жиндие кӏудияб квербакъи спорталъги гьабунин бицана гьес нижергун букӏараб гара-чӏвариялда.\nГьединлъидал рехселин Хӏусен Хӏайбулаевасул спортивияб карьераялдаса хӏужжабиги. Гьеб халат бахъана 1981 соналдаса 2000 соналде щвезегӏан.\nРосулъ школа лъугӏун хадув Хӏусен цӏалана Краснодаралда, физкультураялъул институталда. Цинги ана армиялде. Гьениса вуссиндал, цӏидасан Краснодаралдего ана.\nИнституталда ва хадув армиялда тӏадчӏей гьабуна самбоялда ва дзюдоялда.\nГьев самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъана щуго нухалда, ункъо нухалда – Европаялъул чемпионлъунги. Щуцӏул щвана дунялалъулго кубокги. Бергьана Олимпиадаялъул гурел спорталъул тайпабазул рахъалъ ункъо соналда жанир цоцӏул тӏоритӏулел тӏолгодунялалъул хӏаязда.\nХӏусеница спорталъулгун къо-лъикӏ гьабуна 2000 соналда. Лъималазда цо приём бихьизабулаго, мугъзал гьодалъе жагъаллъи ккун буго гьесие. Гьедин Хӏусенида тӏадкъала тӏадегӏанаб спортивияб махщелчилъиялъул школалъул директорасул заместителасул хъулухъ. Дагьаб заманалдаса гьев вахъана гьелъул директорлъун — Олимпиялъул резервалъул школаян цӏар хисана гьелда.\nГьебго заманалда Хӏусен заочно цӏалана МВДялъул Университеталдаги.\nГӏезегӏан шапакъаталги руго гьесул – «Ватӏаналда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» кьолеб орденалъул 1 ва 2 даражабазул медалал, «Кубань цебетӏезабиялъе гӏоло» кьураб Кубаналъул тӏадегӏанаб меседил орден, «Россиялда Олимпиялъул багъа-бачари цебетӏезабиялъе гӏоло бахъараб хӏаракаталъухъ» кьолеб Россиялъул Олимпиялъул комитеталъул орден ва цогидалги.\n2017 соналде щвезегӏан Олимпиялъул резервалъул школалъул директорлъунги вукӏун, гьелдаса хадув Хӏайбулаев Дагъистаналде гочана. Ахираб кӏиго сон буго Бежтӏа участокалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев вугелдаса.\nТӏОЦЕРЕСЕЛ МУГӏАЛИМЗАБИ\n— Хӏусен, Бежтӏа гӏурав дуда самбоги дзюдоги кин лъараб?\n— Сверухъ ругел районаздаса лъималги рачӏун, щибаб маялъ гугариялъул къецал тӏоритӏулаан Бежтӏа. Музгар Ражабов абун тренерги классалъул нухмалъулевги вукӏана нижер. Гъоб мехалда киналгӏаги спортзалалги рукӏинчӏо гьанир. Гьединлъидал хӏурул цӏурал, басриял матабиги тӏиритӏун, классалда жанир ругьун гьарулаан гьес ниж.\nЦинги микьабилеб классалде рахъиндал, ниж куцазе лъугьана доб мехалда районалде нухазул магӏишаталъул начальниклъун вачӏарав Расул Гӏалихӏажиевас. Гьев кколаан чидаоба абулеб гуржиязул гугариялъулги, эркенаб гугариялъулги, самбоялъулги рахъалъ спорталъул мастер.\nГьеле гьесдасан щвана дие самбоялъул рахъалъ тӏоцебесеб хӏалбихьи. Школа лъугӏун хадуб цӏализе росдал магӏишаталъул институталдедай иневин вукӏарав дир пикру хисизабуна нижер росуцояв, художник Зубайр Мухӏамадовас (кватӏичӏого гьесул суратазул выставка тӏобитӏизе буго нижеца Бежтӏа, живго гьев Санкт-Петербургалда вуго гӏумру гьабун).\nЗубайрица абуна щайдила дуе росдал магӏишаталъул институт, Краснодаралда бугила физкультураялъулгун спорталъул институт, гьениве айила цӏализе. Гьедин ккана дун дове. Амма цӏакъ кӏудияб конкурс батана эркенаб гугариялъул отделениялда. Гьединлъидал дун самбоялъулалде ана. Доб мехалда аттестаталда 4,5 балл бугев чияс самбоялъул отделениялде лъугьине ккани, кӏиго экзамен кьезе кколаан – специализацияги биологияги. Специализация дица кьуна «щуйилалда» – самбоялъул приёмалги рихьизарун. Биологиялъе щвана «ункъилаб».\nГьенив цӏалулаго, лыжабазда хъещтӏезе, гьединго спорталъе гьунар букӏинги бихьун, тренер Геннадий Поторокаца дзюдоялъеги ругьун гьавуна дун. Гьедин тӏоцересел къецазде ана Типлисалде.\nКРАСНОДАР\n— 40-гӏан соналъ Краснодаралда гӏумруги гьабун, жеги къадруяб хъулухъалдаги вукӏун вуго мун. Амма гӏемер рагӏула кавказиязулгун бакӏалъул гӏадамазул миллатчилъиялда хурхарал тунка-гӏусиязул, дагӏбакъецалъул хӏакъалъулъ.\n— Гьединал хӏужжабиги камуларо. Масала, Олимпиада байбихьилалде гӏемер бицунеб букӏана гьениб Кӏудияб мажгит базехъин бугин, амма тӏасахун гьелъие квалквалал гьарулел ругилан. Гьале жакъа къоялъги гьечӏо Краснодар краялда цониги мажгит, гӏицӏго какал ралел гьитӏинал рукъзал гурони. Рузман базеги цогидаб къваригӏелалъги бусурбаби Кӏудияб мажгиталде, Адыгеялде уна. Краснодар краялда «Немецкая деревняялда» гӏагарлъухъ буго чанго соналъ цебе бараб как балеб кӏитӏалаяб рукъ – хвел букъизеги цогидалъеги кутакалда кумек букӏуна гьелъул. Дагъистаналъул муфтияталдаса витӏарав имамги вукӏана гьенив хӏалтӏулев. Амма, уставги цогидал документалги рагӏа-ракьанде щварал гьечӏолъиялъ, гьанже къалеб бугилан рагӏана гьеб.\nГьединго гӏемерисеб жо нилъедаго барабги буго – гьоболлъухъ араб бакӏалда нилъерго рокъор ругел гӏадатал рилълъанхъизаризе лъугьине бегьуларо. Нилъералин абуни (киналго гурелха), лъугьуна тӏасан кканщинал жал гьаризе, бакӏалъул гӏадамазул адаб рехун тараб куцалда хьвада-чӏвадизе. Гьединлъидал гьединазе законги гьабула. Амма гьебги квеш букӏун, ахӏи-хӏур бахъинабизе, кумек тӏалаб гьабизе журала. Анцӏгоялде гӏагарун соназ Дагъистаналъул жамгӏияб гӏуцӏиялъе нухмалъи гьабуна дица, гьединлъидал гӏемер рихьулаан гьединал чагӏи. Цояз телефонал рикъун, цогидаз руччабазда зулму-хӏал гьабун, лъабабилез щалалиго кьабун, ункъабилел – вокзалазда гьардухъ лъугьунел ратун, автобусалдаги рекӏинарун Дагъистаналде ритӏулаан. Палхӏасил, аслияб куцалда гьединал рукӏунаан нилъеразда хурхарал гъалмагъирал. ДРялъул хӏукуматалъ Краснодар краялда тарав официалияв вакилгун цадахъ лъугьун тӏуралаан нижеца ракьцоязул суалал. Краялъул чанго шагьаралда тун рукӏана нижерго вакилзабиги.\nГьединго нижеца гӏезегӏан тӏоритӏулаан Дагъистаналъул культура бихьизабулел тадбиралги. Гӏуцӏун рукӏана кьурдабазул кружокал. Краялда гӏумру гьабулел къадруял ракьцоялги ахӏун, санайилго кӏодо гьабулаан Дагъистан гӏуцӏараб къоги. Краснодар шагьаралъулгун краялъул нухмалъулез кӏудияб кумекги гьабулаан нижее.\n— Дуца нухмалъи гьабураб Олимпиялъул резервалъул школалда дагъистаниялги рукӏун ратила ругьун гьарулел?\n— Рукӏана. Гӏемер миллатал журараб школа кколаан гьеб – нилъералги, гуржиялги, эрмениялги, грекалги – камурав чи вукӏинчӏо.\nЖидерго ракьцояв гьенив нухмалъиялда вукӏин лъайдал, Краснодаралда цӏалулел студенталги рачӏунаан гьенире, гьадинго, жалго лъадаризе. Лъабго тайпаялъе ругьун гьарулаан гьенир — эркенаб гугариялъе, дзюдоялъе ва самбоялъе.\n«ВАТӏАНАЛДАСА ТӏУН ЧӏЕЧӏО ДУН»\n— Мунго вижараб росу-ракьалъулгун кинаб бухьен дур букӏараб?\n— Дица хӏаракат бахъулаан щибаб соналъ Бежтӏе щвезе.\n— Гьеб кинабгоги тун гьаниве, Бежтӏа участокалъул бетӏерлъуде кинха ккарав?\n— Чияр ракьалда вукӏунилан, тӏубан ватӏаналдаса тӏун чӏечӏелъулха дун. Росулъе, республикаялде щванщинахъе дандчӏвалаан цере нижер гьанир рукӏарал нухмалъулелгун, гьудул-гьалмагълъигун, росуцоялгун. Гьединлъидал гьез бицунги, дидаго бихьунги лъалаан нижер росабазе къваригӏараб-тараб. Масъалаби абуни, гьанир дагьал гьечӏо. Масала, тӏоцебесеб иргаялда нижее къваригӏун буго Бежтӏа участокалъе районалъул статус чӏезабизе. Ахираб 30 сон буго гьелда Бежтӏа участокилан абулелдаса.\nНиж Цӏунтӏа районалда гъорлъ ругеб мехалда мугӏрул габурлъиялда нахъа ругел Кидеросаги цогидал росабалъаги гӏадамазул гӏарзал гӏемерлъун рукӏунаан жидее райцентралде рачӏине захӏмалъулеб бугилан, нух рикӏкӏад бугилан. Гьеб мехалда гьабураб рикьи букӏана гьеб – Бежтӏа участокги гьабун, Цӏунтӏа районалъул центрлъун Кидеро лъазаби.\nДоб мехалда республикаялъул бетӏерлъуда вукӏарав Мухӏамадгӏали Мухӏамадовас заманаялъе гьабун букӏараб гьеб хӏукму юридикияб рахъалъ жеги цойиде ккезабун гьечӏо.\nГьелда бан киса-кирего нижеца хъварал кагътазе чӏванкъотӏараб жавабги щолеб гьечӏо. Бежтӏа участок районлъун лъазабунгутӏиялдалъун нижее гӏемер квалквалал кколел руго. Мисалалъе, гьечӏо документациялъе хӏажалъулеб нижго бетӏергьанаб код (заманалъулаб код гурони). Гьединлъидал нижехъа ракӏарарал транспорталъул налогал Цӏунтӏа районалде уна. Гьеб мехалда дагьлъун рихьула нижеца ракӏарарал налогалги, гьелда рекъон дагьлъула тӏад буссун республикаялъул бюджеталдаса нижее биччалеб гӏарацги. Гьебги хӏисабалде босун, исана дида кӏвана шагьранухал къачӏазе Цӏунтӏа районалде биччалеб гӏарцул бащдаб Бежтӏе битӏизабизе. Гьелъие квербакъана ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министерствоялъ. Гьеб гӏарац харж гьабизе буго Балакурисан бахъулеб нухалда тӏад.\nГьединго нижер рес гьечӏо улкаялъул ва республикаялъул даражаялда тӏоритӏулел цо-цо программабазулъ гӏахьаллъизе. «Мой Дагестан – комфортная городская среда» абураб миллияб проекталда рекъон, араб соналъул ахиралда Бежтӏа рагьана лъималазе расандизе бакӏал ругеб парк. Амма кагътида хъвай-хъвагӏай гьабуна гьелъул заказчиклъун росдал администрация кколилан.\nРАЙОНАЛЪУЛ СТАТУС ГЬЕЧӏОЛЪИЯЛЪУЛ КВАЛКВАЛАЛ\n— Хӏукуматалъе гьедигӏан захӏматаб жойищ гьеб – участок районлъун лъазаби?\n— Хӏакимзабаз жаваб кьола гьедин гьабуни, цогидалги рачӏунила жидееги бокьун бугин лъидасаниги ратӏаги тӏун, район гӏуцӏизе абун.\n— Гьелдаса рорчӏизе нух бихьулеб бугищ дудаго?\n— Буго. Дица гьеб бицина ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасда. Кватӏичӏого нижехъе рачӏине руго Махӏачхъалаялдаса гьалбал. Гьабсагӏаталда чӏванкъотӏун лъаларо живго Меликовищ вачӏинев вугев, яги хӏукуматалъул делегацияйищали. Амма кин батаниги, хьул буго республикаялъул гьанжесеб тӏалъиялда, хасго Меликовасда, нижер къварилъи бичӏчӏилилан. Районалъул статус чӏезабиялда цадахъго, нижер гьаниб чара гьечӏого тӏубазе ккола нухазул суалги. Масала, Балакури участокалда шагьранухлул лъабго-ункъо километр буго гӏатӏид гьабизе кколеб. «Мой Дагестан – мои дороги» абураб миллияб проекталда рекъон, гьеб рагӏалде бахъинабизе ракӏалда буго нижеда.\nГьаризе ракӏалда ругел ишал гӏемер ругоан нижер, амма бюджеталъул мукъсанлъиялъ гьелъие рес рекъолеб гьечӏоха. Бихьуларищ администрациялъул минагицин хутӏун бугеб куц (гьелъул кӏиабилеб тӏала буго сверун хъорщоца къараб, амма жаниб тӏокӏаб хӏалтӏи гьабичӏого тараб – авт.).\nУчастокалъе хӏажатал социалиябгун экономикияб кӏваралъул объектазул (масала, Культураялъулгун Спорталъул кӏалгӏаби) сияхӏ битӏун буго нижеца республикаялъул тӏалъиялде. Гьанир цониги школалда гьечӏо спортзалал.\nГьединлъидал бажаруларо хасало киналгӏаги спортивиял тадбирал тӏоритӏизе. (Амма гьелъул магӏна кколаро нижеца спорт тӏубан рехун тун бугин абураб. Гуро. Нижер гьаниб кутакалда цебетӏун унеб буго футбол, волейбол, гугари, самбо, дзюдо. Батӏи-батӏияб заманалда Бежтӏа участокалда рахъарал Бахӏарзазул, машгьурал гӏадамазул цӏаралда тӏоритӏула турнирал).\nНижер участокалда гьечӏо Культураялъул кӏалгӏаги. Администрациялъул минаялда жаниб бугеб гьитӏинабго рукъ хӏалтӏизабула участокалъул дандеруссиназеги къватӏиса гьалбалги рачӏун гьарулел батӏи-батӏиял тадбиразеги. Амма гьенибги 30-40 чиясе гурони бакӏ гьечӏо.\nИсана нижеда ракӏалда буго участокалда кӏиго ФАП базеги, Хашархотӏа рагьараб спортивияб объект базеги.\nРеспубликаялъул хӏукуматалде битӏараб доб справкаялда нижеца бихьизабун буго Балакури росулъ 60 лъимералъе бакӏ бугеб ясли-ах базеги. Гьединго «100 школа» абураб программаялда рекъон, гъоркьисала Кьадали, Гьунзиб, Гъарбулъ, Балакури росабазул школазда хисана гордал-нуцӏби, лъуна хӏухьладалъун хинлъизарулел батарейкаби, къачӏана къадал, мокърукь бакӏал, чӏабар. Республикаялъул Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министерствоялъ гьелъие биччан букӏана 12 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ. Гьел школазда гьоркьоб бищунго басрияб буго кьадалисезул. Гьединлъидал гьенир киналгӏаги хӏалтӏаби гьаругеян чӏун рукӏана росдал гӏадамал. Щайин абуни, гьел хӏинкъун руго 1940-1950 соназдаго бараб цӏулал гьеб школа гьанже тӏаса-масаго къачӏа-кӏатӏанги тун, цӏияб школа кьучӏ лъечӏого хутӏилилан. Басралъиялъул кутакалъ цо рахъалдехун гьетӏунгицин буго гьеб. Амма нижеда гьеб гьедин тезе ракӏалда гьечӏо. Кьадали 80 лъимералъе бакӏ бугеб школа хӏажат бугилан ахӏи балеб буго нижеца республикаялъул тӏалъиялде.\nГъарбулъ росулъги беццилеб хӏал букӏинчӏо гьеб рахъалъ. Борхатаб магӏарда бараб кӏиго корпус буго школалъе бихьизабураб. Росулъа чагӏазул минаби ккола гьел. Амма некӏого басралъарал, жагъаллъарал гьел рукъзал тӏубан цӏи гьаруна нижеца. Кӏиго класс гурони букӏинчӏеб бакӏалда анкьго класс лъугьунедухъ тӏадеги бакӏалги рана. Бакӏал гьечӏолъиялъ, кӏиго смена гьабун, цӏалулаан гьенир лъимал. Исана абуни цо сменаялде рачӏине руго.\n— Лъимал гӏунгутӏиялда бан къарал школал кканищ нужер участокалда?\n— Ккечӏо. Цохӏо лъимер цӏалулеб бугонигицин, школал къагеян гурищ Владимир Путиницаги лъазабун бугеб.\nАмма нижер гьанир бищун дагь лъимал руго Гьунзиб росулъ – 20- 21 лъимер. Аскӏоб бугеб Кьадали росулъе щуго километралъул манзилалда гьел хьвадизаризе бокьун гьечӏо нижее. Хасго квачараб мехалда гьеб данде кколеб жо гуро.\nГӏОРХЪАБИ ЦӏУНУЛЕЛГИ ТУРИСТАЛГИ\n— Бежтӏе рачӏунеб бакӏалда чӏарал гӏорхъаби цӏунулез документазул хал гьабун бахъинегӏан, саламатаб заман бана нижеца. Нужее гьезул квалквал букӏунищ?\n— Гьел гьенир рукӏиналъ гӏезегӏан парахалъи буго. Батӏи-батӏиял байрамаздеги ниж гьелгун цадахъ хӏадурула. Щиб къваригӏаниги, нижее хӏалаеги ратула гьел.\nАмма гьез тӏалаб гьабулеб низам хвезабизе бокьарал чагӏаз абизе бегьула гӏорхъаби цӏунулезул жидее квалквал бугин. Расги къваригӏел гьечӏониги, кодоб бугонигицин, паспорт бихьизабиларин, гьезда данде къотӏаризе, дагӏбадизе лъугьуна цоцоял. Гӏададисеб жо гьечӏищха гьеб? Киназего гӏаммаб законлъидал гьеб, гӏадахъ босизе ккеларищ.\n— Нужер гӏадамазул бетӏербахъи аслияб куцалда сундасан бугеб?\n— Жалго бетӏергьанал магӏишаталги хӏалтӏизарулел ракьалги руго гьезул — боцӏи хьихьула, хӏан бахъула (бежтӏадерил хӏан), картошка гӏезабула.\n— Гӏорхъаби цӏунулезе бичизе бегьуларебищ гьез гьеб?\n— Къватӏиса чагӏазулгун гьарурал жидерго контрактал руго гӏорхъаби цӏунулезул. Нижер гӏадамаз школазе, ясли-ахазе ричула жидеца гӏезарурал нигӏматал.\n— Бежтӏа бараб кӏиго къоялъ ниж хӏайран гьарун рукӏана нужер тӏабигӏаталъ. Кигӏан рикӏкӏада букӏаниги, туристалги щолел ратила нужехъе.\n— Россиялъул чанго регионалдаса туристал рачӏун рукӏана гьанире. Турагентствоялдаса чи вачӏараб мехалда дун росулъ вукӏинчӏо, амма кутакалда разиго ун вуго гьевги. Нижеда ракӏалда буго гьалбадерие хасаб маршрутги гӏуцӏизе, гьел чӏезе рукъзалги руго гьанир. Туристазе бокьулеб буго даруяб ицц бугеб рахъги некӏсияб лъел гьобоги бихьизе, бежтӏадерил хӏан гьабулеб, хьитал (гьаькӏаь) хьухьунеб куцалъухъ балагьизе.\nГьеб киналъего кутакалда пайда букӏинаан хехлъи гьабун нухал къачӏан лъугӏулелани. Тӏасияб соналда Анцухъан Бежтӏе рачӏунеб шагьранухлул 10-15 километрниги, гӏатӏид гьабун, лъугӏизабизе рагӏи кьун буго нухазул магӏишаталъул идараялъ. Амма гьенибе хъил гӏицӏго кӏиго-лъабго соналдасан гурони тӏолеб батуларо, нухде гъунел гьарчалги цогидабги лъугӏизегӏан.\n— Чӏунтарал, рехун тарал росаби ругищ?\n— Кулаби гурони, гьединал росаби гьечӏо. Нижер гӏадамал гьедигӏан гӏемер унаро къватӏире. Аниги, хъутабазде – Качалоялде, Караозекалде, Кара-Тюбеялде уна. Гьединлъидал минаби разе ракьал гӏоларого, магӏарда, кӏкӏалабахъ ва кулабазда рукъзал гьаризе байбихьун буго нижер гӏадамаз гьанже.\n«МОСКВАЯЛЪУХЪА ИЗНУ БОСИЗЕ ККОЛА»\n— Ракьалъе «зелёнка» гьабизе захӏмат бугищ нужер гьаниб?\n— Гьунзиб росулъ хутӏизегӏан, цогидаб бакӏалда щибго къварилъи гьечӏо. Гьунзиб, щиб гьабизе кканиги, Малмулкалъул министерствоялдасаги Москваялдасаги изну къваригӏуна. Щайин абуни, гьеб ккола федералияб кӏваралъул ракь. Цебе гьениб росу букӏинчӏо. Риидал киналго колхозаздаса гӏи-боцӏи хьихьизе гӏадамал рачӏунеб ракь букӏана гьениб. Гьединлъидал гьанжесеб Гьунзиб росдал ракьги букӏана гӏи гочунеб бакӏлъун. Гьанжени колхозалги риххун, гьанибе бачӏунеб гӏи дагьлъун буго.\nГьединлъидал Гьунзиб бугеб школалъулги гьечӏо гьеб «зелёнка» абулеб документ. Дие бокьун букӏана росда нахъехун полигон (рищникъулалъул – авт.) гьабизе. Москваялдасан изну босизе кколилан, гьелъиеги разилъи щвечӏо.\n— Нужер мадугьалихъ, Цӏунтӏа районалда, цӏакъ гӏемер ккола цӏаял. Цӏа свинабулезул къокъаби гьечӏолъиялъищали, росабалъ тӏубарал авалал рухӏарал хӏужжабиги ккола гьенир. Нужер гьаниб ахӏвал-хӏал кин бугеб гьеб рахъалъ?\n— Цо талихӏалъ, гьанир гьедигӏан гӏемер кколаро гьединал хӏужжаби. Цӏа свинабулезул къокъаги буго Бежтӏа. Гӏицӏго цо гӏунгутӏи буго – росулъ гьезие лъим жаниб цӏунизе кӏудиял хӏавузал гьечӏолъи.\n— Бабаюрт районалдаги буго нужер лъабго росу. Гьезул кинал захӏмалъаби ругел?\n— Качалай, Караозек, Кара-Тюбе росаби ккола гьел. ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, 2005 соналда гьезие щвана росабазул статус. Амма хъутабазул ракьазда хурхун республикаялъул закон гьечӏолъиялъ, гьеб ракьалда тӏад бетӏергьанлъи гьабизе бажарулеб гьечӏо. Нужеда лъалеб батила, дагьалъ цеве Сергей Меликовги ун вукӏана гьениве – северияб рахъалде. Гьесги борхана гьеб суал. Гьединлъидал лъагӏалил ахиралдехунниги хъутабазул хӏакъалъулъ законги бахъун, иш роцӏцӏине батила.\nГурони, гьабсагӏаталда бугеб хӏалалъухъ балагьун, гьел росабалъ щибниги гьабизе бажаруларо – я школалгун ясли-ахал разе, яги газ бачине, ялъуни нухал рахъизе. Щайин абуни – ниж гьеб ракьалъул бетӏергьаби кколарого. Гьадаб Гьунзибго гӏадаб масъалаха.\n— Хӏусен, гӏумруялъ дуца гьудуллъи ккураб спорталъул кинаб кумек дуе гьаб хӏалтӏулъ бугеб?\n— Сабру тӏагӏарал цо-цо чагӏи гӏодоре руссинаризе кумек букӏуна гьелъул (велъулаго). Чи кутакалда жаниса лъадаризавула спорталъ – кьураб рагӏи кквезе, хӏалтӏулъ чӏванкъотӏи чӏезабизе ругьун гьавула.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "12849-movchanil-ekspeditsiyagi-giashuratil-muzejgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12849-movchanil-ekspeditsiyagi-giashuratil-muzejgi", "title": "Мовчанил экспедицияги Гӏашуратил музейги", "date": "2021-07-02 06:24:12", "categories": ["magiarukh"], "text": "Бежтӏе щвезегӏан, кутакаб берцинлъиялъул бакӏлъун рикӏкӏунаан дица Лъаратӏа район. Чанго соналъ цере Цӏамагӏурухъе щун рукӏана ниж. Гьелдаса нахъе таманаб заман аниги, щибаб нухалда тӏун унаан ракӏ, сверухълъиялда нур базабулеб гӏурччинлъиги, сураталда гурони рихьичӏел, керчал рохьаз рацарал мугӏрулги, гъора кирали, гъварилъуда кенчӏолел тӏокӏкӏарал лъаралги цере рачӏиндал.\nАмма бежтӏадерил сверухълъи жеги гьайбатаб батана.\nАнцухъ росу нахъа тарабго, загьирлъулебги букӏана гьеб. Нилъ цо батӏияб Дагъистаналдецин унел гьечӏодайин абураб пикру щулалъулеб букӏана, щибаб свери танщинахъе.\nБакъва-кӏасарал мугӏруздаса хадуб буччараб тӏабигӏаталъул Бежтӏа бакӏ бихьидал загьир гьабураб гӏажаиблъи буго Геннадий Мовчанил «Старый аварский дом» абулеб тӏехьалдаги. 1940-1950-абилел соназда магӏарухъе нилъер архитектураялъул тарих бакӏаризе вачӏун вукӏарав машгьурав архитектор ккола гьев.\nМагӏарулазул росабазде дандеккун, бежтӏадерил мухъалда щулалъиялъе рарал сиял гьечӏолъиялде кӏвар буссинабулеб буго Мовчаница. Гуржиязулгун гӏорхъода цунги ругелъул, батӏаго рагъ-кьал къваригӏараб хӏал букӏун батиларо бежтӏадерил.\nАбухъего, гуржиязулгун гьезул гьоркьоблъи загьирлъулеб буго гӏезегӏан жалаздасан: масала, мацӏалдасан. Бежтӏадерица бицухъе, гьезул умумул бетӏербахъиялъе Гуржиялъе унел рукӏун руго. Гьедин лъалеб букӏун буго гуржи мацӏги. Хӏатта, гьанже гьез хӏалтӏизарулел гӏаммал рагӏабигицин рагӏула. Мовчаницаги хъвалеб буго, жив гьениве щвараб мехалда, гӏурус мацӏ лъалездасаги цӏикӏкӏун рукӏанила Бежтӏа мухъалда гуржи мацӏалда кӏалъалел гӏадамал.\nГьединго минабазул рагъабиги руго гуржиязул къагӏидаялда къачӏарал – цӏулада тӏад накъишал рикӏун гьарурал. Цӏул гьарзаяб бакӏалда рукӏиналъ, жалго минаби руго цӏулал гьарурал. Ганчӏил гьариялдасаги гьедин учуз чӏолин жидее гьелин бицана бежтӏадерица.\nНахъеги тӏад руссинин довго Мовчаниде. Гьев гӏажаиблъизавун вугоан бежтӏадерица бакъвараб хер доб мехалда рокъоб цӏунулеб букӏиналда. Цӏа ккеялдасанигийищдила гьел хӏинкъулел рукӏинчӏел.\nМовчаница дандекколел руго Кьадалги Бежтӏаги ругел минаби. Цого бакӏги, цого чагӏиги ругониги, тӏубан батӏи-батӏиял минаби ругила гьенир: Кьадал дагьал тӏуцал, цо яги кӏиго тӏалаялъул. Бежтӏа – рорхатал, кӏиго-лъабго тӏалаялъул, нухде тӏаде ралагьарал рагъабиги ругел.\nГьединал пикрабазде машгъуллъарай дун Бежтӏе щун ятана. Гьениб бараб кӏиябго къоялда жаниб ниж асир гьарурал бежтӏадерил хӏакъалъулъ бицун хӏалкӏоларо. Гьединлъидал цохӏо Гӏашуратил бицун тела.\nЖакъа Дагъистаналъулги гьелъул гӏадамазулги хаслъи цӏунарай гӏадан хӏисабалда бокьараб пачалихъалдаса рачӏарал гьалбадерида йихьизаюни, нилъ нечоларей гӏадай гӏадан йигоан гьей. Бицунеб харбихъ балагьун, дида ккун букӏана гьей цо кӏудияб музеялъул хӏалтӏуда яги администрациялда жавабияб хъулухъ-ишалда ятилин абун. Щайгурелъул гьелда кутакалда лъикӏ лъалеб бугоан республикаялда ва гьеб тун къватӏиб лъугьа-бахъунебги, гӏадамалги, гӏумруги, динги.\nЛъикӏ лъалеб бугоан магӏарул мацӏги, адабиятги, тарихги. Цонигиял гӏурус мацӏ бицине журани, «магӏарулалъ кӏалъай» абун малъа-хъваялги гьарулаан.\nБежтӏа росасда нижехъа Сапират йигин нужер гьаниян бицине байбихьарабго, мун Харахьисайищ абун, чӏваркьун ялагьана Гӏашурат дихъ. «У, дир эбелалъул росу ккола гьеб», — ан жаваб кьуна дица.\n«Питералда цо чӏухӏараб мажгиталда жание щведал, гьеб Харахьиса Гӏисахӏажияс банилан бицана дида. Гьелдаса дир букӏараб чӏухӏи лъалебаниха дуда — нилъер магӏарул чи гьединаб кӏудияб къуваталда ватиялдаса.\nСапиратил васги ккола Россиялдаги цоги бакӏаздаги бергьарав чемпион. Цо-цо мехалда цӏар абун лъаларо гьев гьанив, «Харахи» абуни, киназдаго лъала», — ян бицана Гӏашуратица.\nСапират ккола Россиялъул Бахӏарчи, Чачаналда Гӏурус-Мартаналъул рагъулав комендантлъун вукӏарав Хӏайдархан Хӏажиевасул яцалъул яс.\nСапиратил мина ниж чӏараб бакӏалдаса цӏакъго рикӏкӏад бугилан абидал, дунги цогидалги Гӏашуратихъе ана сордо базе.\nДида байбихьуда гӏадада ккун букӏун гьечӏо гьей музеялъул хӏалтӏухъанилан. Жинцаго гӏумру гьабулеб минаялъул кӏиго рокъоб жаниб музей гьабун буго Гӏашуратица.\n«Магъакьги рищни-къулги бакӏарулей йигилан гӏайибгъвел гьабула диде лъималазги гӏагарлъиялъги. Гьеб бихьизе бокьулеб батичӏони, бох бахъуге дир гьанибеян абула дица гьезда», — ян бицана Гӏашуратица.\nМузеялда бихьизабун буго бежтӏадерил цебесеб гӏумру, гьединго руго Россиялдаса экспонаталги. Масала, кутакалда берцинаб некӏсияб турка бугоан гьениб.\n«Дун милицасул яслъидал, гьединлъидал дида лъала гӏадамазул гӏамал-хасият. Цо нухалда Санкт-Петербургалда йикӏана дун. Гьенир рищни-къул балел къалазда жанир хъирщадулел ругоан гьардухъаби. «Ворея, цо! Дир участокалда квалквадулел чагӏийищ нуж?! Чӏехьея гӏодоре гьел тургьби, нужер гьениб щиб бугебали лъазе кколин дида!» — ян лъугьана дун гьезде, кутакай мафиозиялъул ххвелалги гьарун. Гьел божана гьеб бакӏалда тӏад дир кверщел бугин абураб жоялда. Гъоз чӏехьараб рищни-къулалда гъорлъ батана гьеб турка. Кӏутӏун нахъе босун гьебгун, гьа, гьанже бокьараб гьабе нужецаян, хазабуна дица гьениса», — ян елъана Гӏашурат.\nУмумузул къайи-цӏаялдехун гьелъул рокьи бижун бугоан кӏудияй эбелалдасан. Гӏашуратил эмен райцентралда милициялда хӏалтӏулев вукӏун, гьей, эбел хун хадуй, кӏудияй эбелалда аскӏой колотӏа гӏун йиго.\n«Кӏодоца бицунаан жалги жидер умумулги кванихъ гуржиязда цере хӏалтӏун, кутакалда захӏматаб бетӏербахъиялда рукӏанилан. Гьединлъидал гьединаб гъинги тӏун, гьез данде гьабураб мукъсанабго магӏишатги, гьез квер квалулел рукӏарал тӏагӏалабиги, ретӏел-кунги кин гӏодобе рехулеб? Жакъаги гӏорцӏизегӏан кваназе кӏоларо дида, дозда ракӏгурхӏун», — илан бицана Гӏашуратица, ракӏги тамахлъун.\nГьелъ жиндирго музеялде къайи бакӏарула риххизаризехъин ругел басриял минабахъе хьвадун, гӏадамаз къватӏибе бараб рощногохӏаздаса. Гьединго цо-цоял жалгоги рачӏуна гьелъухъе церегосел тӏагӏалабиги росун. Кӏи-кӏи ругел жал, гьелъ музеялде рачӏарал чагӏазе сайгъатги гьарула. Гьедин диеги щвана хьухьун гьарурал бежтӏадерил щватаби. Амма жинца гьеб тӏагӏел-гӏучӏги, ретӏел-кунги цин чурулин бицана Гӏашуратица. Гьединлъидал цо-цо мехалда гьелъ жинцагоги ретӏуна музеялда лъураб партал-хьит, чӏвала кӏазал.\nМузей гуребги, «Инсан» фондалъул Бежтӏа бугеб филиалалъул нухмалъулесул заместительги ккола Гӏашурат.\nПалхӏасил, жиндир хӏакъалъулъ бицине жо гӏемерай ва, кигӏан мехалъ аскӏой йикӏаниги, чӏалгӏунарей гӏадан йиго гьей.\n… Бежтӏе гьабураб сапар ахиралде щванин ккараб мехалда, гӏорхъаби цӏунулезул заставаялда аскӏоса Ганжа-гӏурухъехун нух босана нижеца. Даруял иццал ралагьулаго, гуржиязулгун гӏорхъоде щвезегӏан ун ратана. Гьелдаса рохун нижги рукӏана. Ганжа-гӏурухъа масакӏ-ччугӏадай кквела, кваназе гӏодор чӏезе бакӏдай хӏадурилаян ругеб мехалда тӏаде гӏунтӏана басрияб «Урал» машина. Вабабай, гӏорхъадул низамги хвезабун нижеда хадур рачӏунел аскариялдай гьалилан, ракӏго лъикӏ букӏинчӏо. Ахирги гьел ратана гуржиязулгун гӏорхъода бугеб бежтӏадерил колотӏе гӏачи речӏчӏизе унел руччабиги, гӏезегӏан соназ Бежтӏа ветеринарлъи гьабурав Шарапудин абулев чиги, жеги чанго гӏолохъанчиги.\nРилълъаралани, ниж колотӏе цадахъ рачунел рукӏана гьез. Цинги, ралъдада тӏад чайка киннигин, Ганжа-гӏурухъан хъамизабун «Уралгун», нухлулал цереса тӏерхьана. Гьезда хӏайранлъун хадур балагьарал нижее абуни, цо-кӏиго масакӏ кквезегӏан гурони заманги хутӏун батичӏо нахъруссун ине.\nМаркӏачӏул бер рукӏкӏараб ригь букӏана. Къадгицин чи къанагӏатаб гьеб сверухълъиялда лъугьараб сихӏкъотӏи гьоркьоб къотӏизабуна нижер машинаялда хадуб бахъараб пещтӏеялъ. Цӏидасан хӏинкъи рещтӏана рекӏелъе. Цо талихӏалъ, гьев ватана, магӏарде гӏиги щвезабун, лъелго Кьадаливе щвезегӏан вачӏунев Шахбулат.\nРоссиялъул политикаялде гӏунтӏун азарго батӏияб хабарги бицун, Кьадаливе щвезегӏан кутакалда ракӏгъезабуна гьесги.\nГьедин, берцинаб тӏабигӏаталъги, тӏабигӏаталдаса берцинал бежтӏадерицаги асир гьарурал ниж Махӏачил шагьаралде щвана рогьалилъ.\nЗ. ХӏАЖИЕВА\nМовчанил экспедицияги Гӏашуратил музейги\nБежтӏе щвезегӏан, кутакаб берцинлъиялъул бакӏлъун рикӏкӏунаан дица Лъаратӏа район. Чанго соналъ цере Цӏамагӏурухъе щун рукӏана ниж. Гьелдаса нахъе таманаб заман аниги, щибаб нухалда тӏун унаан ракӏ, сверухълъиялда нур базабулеб гӏурччинлъиги, сураталда гурони рихьичӏел, керчал рохьаз рацарал мугӏрулги, гъора кирали, гъварилъуда кенчӏолел тӏокӏкӏарал лъаралги цере рачӏиндал.\nАмма бежтӏадерил сверухълъи жеги гьайбатаб батана.\nАнцухъ росу нахъа тарабго, загьирлъулебги букӏана гьеб. Нилъ цо батӏияб Дагъистаналдецин унел гьечӏодайин абураб пикру щулалъулеб букӏана, щибаб свери танщинахъе.\nБакъва-кӏасарал мугӏруздаса хадуб буччараб тӏабигӏаталъул Бежтӏа бакӏ бихьидал загьир гьабураб гӏажаиблъи буго Геннадий Мовчанил «Старый аварский дом» абулеб тӏехьалдаги. 1940-1950-абилел соназда магӏарухъе нилъер архитектураялъул тарих бакӏаризе вачӏун вукӏарав машгьурав архитектор ккола гьев.\nМагӏарулазул росабазде дандеккун, бежтӏадерил мухъалда щулалъиялъе рарал сиял гьечӏолъиялде кӏвар буссинабулеб буго Мовчаница. Гуржиязулгун гӏорхъода цунги ругелъул, батӏаго рагъ-кьал къваригӏараб хӏал букӏун батиларо бежтӏадерил.\nАбухъего, гуржиязулгун гьезул гьоркьоблъи загьирлъулеб буго гӏезегӏан жалаздасан: масала, мацӏалдасан. Бежтӏадерица бицухъе, гьезул умумул бетӏербахъиялъе Гуржиялъе унел рукӏун руго. Гьедин лъалеб букӏун буго гуржи мацӏги. Хӏатта, гьанже гьез хӏалтӏизарулел гӏаммал рагӏабигицин рагӏула. Мовчаницаги хъвалеб буго, жив гьениве щвараб мехалда, гӏурус мацӏ лъалездасаги цӏикӏкӏун рукӏанила Бежтӏа мухъалда гуржи мацӏалда кӏалъалел гӏадамал.\nГьединго минабазул рагъабиги руго гуржиязул къагӏидаялда къачӏарал – цӏулада тӏад накъишал рикӏун гьарурал. Цӏул гьарзаяб бакӏалда рукӏиналъ, жалго минаби руго цӏулал гьарурал. Ганчӏил гьариялдасаги гьедин учуз чӏолин жидее гьелин бицана бежтӏадерица.\nНахъеги тӏад руссинин довго Мовчаниде. Гьев гӏажаиблъизавун вугоан бежтӏадерица бакъвараб хер доб мехалда рокъоб цӏунулеб букӏиналда. Цӏа ккеялдасанигийищдила гьел хӏинкъулел рукӏинчӏел.\nМовчаница дандекколел руго Кьадалги Бежтӏаги ругел минаби. Цого бакӏги, цого чагӏиги ругониги, тӏубан батӏи-батӏиял минаби ругила гьенир: Кьадал дагьал тӏуцал, цо яги кӏиго тӏалаялъул. Бежтӏа – рорхатал, кӏиго-лъабго тӏалаялъул, нухде тӏаде ралагьарал рагъабиги ругел.\nГьединал пикрабазде машгъуллъарай дун Бежтӏе щун ятана. Гьениб бараб кӏиябго къоялда жаниб ниж асир гьарурал бежтӏадерил хӏакъалъулъ бицун хӏалкӏоларо. Гьединлъидал цохӏо Гӏашуратил бицун тела.\nЖакъа Дагъистаналъулги гьелъул гӏадамазулги хаслъи цӏунарай гӏадан хӏисабалда бокьараб пачалихъалдаса рачӏарал гьалбадерида йихьизаюни, нилъ нечоларей гӏадай гӏадан йигоан гьей. Бицунеб харбихъ балагьун, дида ккун букӏана гьей цо кӏудияб музеялъул хӏалтӏуда яги администрациялда жавабияб хъулухъ-ишалда ятилин абун. Щайгурелъул гьелда кутакалда лъикӏ лъалеб бугоан республикаялда ва гьеб тун къватӏиб лъугьа-бахъунебги, гӏадамалги, гӏумруги, динги.\nЛъикӏ лъалеб бугоан магӏарул мацӏги, адабиятги, тарихги. Цонигиял гӏурус мацӏ бицине журани, «магӏарулалъ кӏалъай» абун малъа-хъваялги гьарулаан.\nБежтӏа росасда нижехъа Сапират йигин нужер гьаниян бицине байбихьарабго, мун Харахьисайищ абун, чӏваркьун ялагьана Гӏашурат дихъ. «У, дир эбелалъул росу ккола гьеб», — ан жаваб кьуна дица.\n«Питералда цо чӏухӏараб мажгиталда жание щведал, гьеб Харахьиса Гӏисахӏажияс банилан бицана дида. Гьелдаса дир букӏараб чӏухӏи лъалебаниха дуда — нилъер магӏарул чи гьединаб кӏудияб къуваталда ватиялдаса.\nСапиратил васги ккола Россиялдаги цоги бакӏаздаги бергьарав чемпион. Цо-цо мехалда цӏар абун лъаларо гьев гьанив, «Харахи» абуни, киназдаго лъала», — ян бицана Гӏашуратица.\nСапират ккола Россиялъул Бахӏарчи, Чачаналда Гӏурус-Мартаналъул рагъулав комендантлъун вукӏарав Хӏайдархан Хӏажиевасул яцалъул яс.\nСапиратил мина ниж чӏараб бакӏалдаса цӏакъго рикӏкӏад бугилан абидал, дунги цогидалги Гӏашуратихъе ана сордо базе.\nДида байбихьуда гӏадада ккун букӏун гьечӏо гьей музеялъул хӏалтӏухъанилан. Жинцаго гӏумру гьабулеб минаялъул кӏиго рокъоб жаниб музей гьабун буго Гӏашуратица.\n«Магъакьги рищни-къулги бакӏарулей йигилан гӏайибгъвел гьабула диде лъималазги гӏагарлъиялъги. Гьеб бихьизе бокьулеб батичӏони, бох бахъуге дир гьанибеян абула дица гьезда», — ян бицана Гӏашуратица.\nМузеялда бихьизабун буго бежтӏадерил цебесеб гӏумру, гьединго руго Россиялдаса экспонаталги. Масала, кутакалда берцинаб некӏсияб турка бугоан гьениб.\n«Дун милицасул яслъидал, гьединлъидал дида лъала гӏадамазул гӏамал-хасият. Цо нухалда Санкт-Петербургалда йикӏана дун. Гьенир рищни-къул балел къалазда жанир хъирщадулел ругоан гьардухъаби. «Ворея, цо! Дир участокалда квалквадулел чагӏийищ нуж?! Чӏехьея гӏодоре гьел тургьби, нужер гьениб щиб бугебали лъазе кколин дида!» — ян лъугьана дун гьезде, кутакай мафиозиялъул ххвелалги гьарун. Гьел божана гьеб бакӏалда тӏад дир кверщел бугин абураб жоялда. Гъоз чӏехьараб рищни-къулалда гъорлъ батана гьеб турка. Кӏутӏун нахъе босун гьебгун, гьа, гьанже бокьараб гьабе нужецаян, хазабуна дица гьениса», — ян елъана Гӏашурат.\nУмумузул къайи-цӏаялдехун гьелъул рокьи бижун бугоан кӏудияй эбелалдасан. Гӏашуратил эмен райцентралда милициялда хӏалтӏулев вукӏун, гьей, эбел хун хадуй, кӏудияй эбелалда аскӏой колотӏа гӏун йиго.\n«Кӏодоца бицунаан жалги жидер умумулги кванихъ гуржиязда цере хӏалтӏун, кутакалда захӏматаб бетӏербахъиялда рукӏанилан. Гьединлъидал гьединаб гъинги тӏун, гьез данде гьабураб мукъсанабго магӏишатги, гьез квер квалулел рукӏарал тӏагӏалабиги, ретӏел-кунги кин гӏодобе рехулеб? Жакъаги гӏорцӏизегӏан кваназе кӏоларо дида, дозда ракӏгурхӏун», — илан бицана Гӏашуратица, ракӏги тамахлъун.\nГьелъ жиндирго музеялде къайи бакӏарула риххизаризехъин ругел басриял минабахъе хьвадун, гӏадамаз къватӏибе бараб рощногохӏаздаса. Гьединго цо-цоял жалгоги рачӏуна гьелъухъе церегосел тӏагӏалабиги росун. Кӏи-кӏи ругел жал, гьелъ музеялде рачӏарал чагӏазе сайгъатги гьарула. Гьедин диеги щвана хьухьун гьарурал бежтӏадерил щватаби. Амма жинца гьеб тӏагӏел-гӏучӏги, ретӏел-кунги цин чурулин бицана Гӏашуратица. Гьединлъидал цо-цо мехалда гьелъ жинцагоги ретӏуна музеялда лъураб партал-хьит, чӏвала кӏазал.\nМузей гуребги, «Инсан» фондалъул Бежтӏа бугеб филиалалъул нухмалъулесул заместительги ккола Гӏашурат.\nПалхӏасил, жиндир хӏакъалъулъ бицине жо гӏемерай ва, кигӏан мехалъ аскӏой йикӏаниги, чӏалгӏунарей гӏадан йиго гьей.\n… Бежтӏе гьабураб сапар ахиралде щванин ккараб мехалда, гӏорхъаби цӏунулезул заставаялда аскӏоса Ганжа-гӏурухъехун нух босана нижеца. Даруял иццал ралагьулаго, гуржиязулгун гӏорхъоде щвезегӏан ун ратана. Гьелдаса рохун нижги рукӏана. Ганжа-гӏурухъа масакӏ-ччугӏадай кквела, кваназе гӏодор чӏезе бакӏдай хӏадурилаян ругеб мехалда тӏаде гӏунтӏана басрияб «Урал» машина. Вабабай, гӏорхъадул низамги хвезабун нижеда хадур рачӏунел аскариялдай гьалилан, ракӏго лъикӏ букӏинчӏо. Ахирги гьел ратана гуржиязулгун гӏорхъода бугеб бежтӏадерил колотӏе гӏачи речӏчӏизе унел руччабиги, гӏезегӏан соназ Бежтӏа ветеринарлъи гьабурав Шарапудин абулев чиги, жеги чанго гӏолохъанчиги.\nРилълъаралани, ниж колотӏе цадахъ рачунел рукӏана гьез. Цинги, ралъдада тӏад чайка киннигин, Ганжа-гӏурухъан хъамизабун «Уралгун», нухлулал цереса тӏерхьана. Гьезда хӏайранлъун хадур балагьарал нижее абуни, цо-кӏиго масакӏ кквезегӏан гурони заманги хутӏун батичӏо нахъруссун ине.\nМаркӏачӏул бер рукӏкӏараб ригь букӏана. Къадгицин чи къанагӏатаб гьеб сверухълъиялда лъугьараб сихӏкъотӏи гьоркьоб къотӏизабуна нижер машинаялда хадуб бахъараб пещтӏеялъ. Цӏидасан хӏинкъи рещтӏана рекӏелъе. Цо талихӏалъ, гьев ватана, магӏарде гӏиги щвезабун, лъелго Кьадаливе щвезегӏан вачӏунев Шахбулат.\nРоссиялъул политикаялде гӏунтӏун азарго батӏияб хабарги бицун, Кьадаливе щвезегӏан кутакалда ракӏгъезабуна гьесги.\nГьедин, берцинаб тӏабигӏаталъги, тӏабигӏаталдаса берцинал бежтӏадерицаги асир гьарурал ниж Махӏачил шагьаралде щвана рогьалилъ.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "12853-matsi-kinab-bitsanigi-shchib-nil-er-kibil-tso-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12853-matsi-kinab-bitsanigi-shchib-nil-er-kibil-tso-bugo", "title": "«Мацӏ кинаб бицаниги щиб, нилъер кьибил цо буго…", "date": "2021-07-02 06:27:27", "categories": ["lit"], "text": "Гьалгощинал соназ журналистинги йикӏун, бежтӏадерил хаслъи лъазабизе гӏамал гьабичӏолъиялдаса дунго намуслъана дагьал церегӏан къоязда гьение щведал. Кигӏанго гьайбатаб сверухълъи бугониги, сурат бахъизе лъалхъизе бегьилин ккечӏо гьенире унаго, лъалеб букӏаралъул нижехъ балагьун Бежтӏа участокалъул гӏадамал ругеблъи. Кутакалда кьварун документазул хал гьабулеб аскариязул посталда бащдаб сагӏаталдасаги цӏикӏкӏун чӏезаридал, къватӏисеб улкаялде унеб хӏисаб бугин абун, йикӏана дун. Бежтӏа росулъе лъугьунаго минаби рараб къагӏида, сверухъ бугеб тӏабигӏат бихьидал, хӏакъикъаталдаги батӏияб улкаялде щвараб гӏадаб асар гьабуна. Магӏарул калам гьабулев чи дандчӏвалезулъ гӏемер вукӏинчӏелъул, жанире щварабгӏан гьеб пикру щулалъулеб букӏана. Гӏурус каламин абуни нилъеда Бежтӏа гуребги, бацӏцӏадаб болмацӏ бугел мухъаздаги жеги гӏемер рагӏулелъул.\nДидаго кутакалда берцин бихьана бежтӏадерил бодул мацӏ. Гьеб мацӏалда, кӏалъан гурелги, ахӏулел руго кучӏдул, хъвалел руго асарал. Кин бугониги, магӏарул газеталъул вакилзаби ругелъул, гьениб данделъиялда нижер гӏемерисез болмацӏ бицана. Гьеб бичӏчӏуларев чи данде лъаразулъги вукӏанин абизе кӏоларо.\n— Лъица щиб мацӏалда калам гьабуниги, нилъер кьибил, кьучӏ цо букӏиналда щаклъуларо, — ян абуна данделъи лъугӏидал аскӏое щварай цо гьайбатай бежтӏаселъ. Хадуб гьелъулгун нижер лъай-хъвай гьабуна жиндир чӏаголъиялда киналго бахиллъарай Гӏашуратица. Кистаманида магӏарулалъ кӏалъазе ниж журайдал, «гьай тумай йигин» баянги кьуна гьелъ. Кьурдулезулъ кьурдулей, хӏалтӏулезулъ хӏалтӏулей, бежтӏадерил мацӏалда бакъан биччалезулъ цебесеб кьерда — кибго халлъулеб букӏана Кистаманил чӏурканаб гӏахьаллъи.\nРохьил рацӏцӏалъуда, полпихун чвахулеб лъарал рагӏалда гӏуцӏараб тепсиялдаса батӏаги тӏун, тӏогьол расалъудехун сверана ниж гарачӏвари гьабизе. Бежтӏадерил лъикӏлъиялъул бицунаго, гьелъ харилъ хъирщун ретӏулел рукӏана бищунго гьайбатал тӏугьдул.\n— Хӏикматаб, гьаб тӏогьол квацӏи гӏадаб гьайбатаб бакӏ буго нилъер Дагъистан. Кин абизе бегьулеб гьаб тӏегь доб цогидалдаса сурукъаб, кьерукъаб бугилан? Гӏурдада тӏугьдузго гӏадин, цояз цогидазе берцинлъи кьолел миллатал руго нилъер республикаялъул. Киназулго гӏаммаб кьучӏлъун буго Дагъистаналъул ракь. Дица гӏемер пикру гьабула гьелъул, — ан бицана гьелъ.\nКистаман Гӏалиева (Элдарова) гьаюна ва гӏуна Кули районалъул Цовкра росулъ. 1993 соналда гьей росасе ана Бежтӏаса Мухӏамадрасул Гӏалиевасе. Вукӏинесев росасулгун лъай-хъвай ккана Махӏачхъалаялда, кӏиялго студенталлъун ругеб заманалда. Кистаманил буго маданияталъул махщалил лъай. Кӏиго сонгӏанасеб заманалъ хӏалтӏана ДРялъул Халкъияб творчествоялъул рокъой, магӏарул маданияталъул аслияй махщелчӏужулъун. Бежтӏе щведал, хӏалтӏана Хашархотӏа росдал клубалъул директорлъун, гьебго заманалда Бежтӏа росдал искусствоялъул школалда хореографиялъул дарсалги кьолаан. Хадуб, гьебго школалда, завучлъунги хӏалтӏана. Гьанже гьелъ «Бежтинка» лъималазул кьурдул ансамблялъе нухмалъи гьабула. Рекӏее гӏагараблъун лъугьараб росасул ватӏаналъул фольклор лъазабизе, гьеб дарсазда гъорлъе бачине хӏаракат бахъулеб буго гьелъ. Кистаманил буго щуго лъимерги.\nАЛЛАГЬ ГЬЕЧӏЕБ БАКӏ ГЬЕЧӏО\n— Кигӏанго гъваридаб асар букӏун батилеб гьадигӏан рикӏкӏадаб чияр росулъ яшав гьабун чӏезе бокьизе?\n— Къисмат батила гьадинаб. 1993 соналда данделъана ниж. Махӏачхъалаялда цӏалулаго лъай-хъвай ккана. Узухъда, кӏиябго рахъалдаса эбел-эмен бачӏинахъего разилъичӏо. Гьезги хӏисабалде босун букӏаралъул жиде-жидер росулъ лъималазул ригьин тӏубаялъул суал. Кин бугониги, кӏиго гӏолохъанаб рекӏел цоцахъе бугеб цӏайиялъе квалквал гьабилин тӏирун чӏечӏо нижер эбел-эмен.\n— Ракӏ чучиялъе нилъерго гӏагарал гӏадамал хӏажалъулеб заман камуларелъул, рекӏекълъарал къоял кканищ?\n— Киданиги ккечӏо. Божизе бегьулев, кьучӏаб, бихьинаб гӏамалалъул вукӏана Мухӏамадрасул гӏолиллъудаго. Кинабго рахъалъ мугъчӏвай гьесде гьабуна, чиякълъи, щибго къварилъи бихьизе течӏо гьес дида.\n— Гьунаразул хаслъиялъул рахъалъ машгьураб буго Цовкра росу. Гьенибе ракӏ цӏалищ?\n— Кидаго ссунаро гӏищкъу нилъго рижараб ракьалде! Гьений гӏурай дир чорхолъ бессана магӏарухълъиялде рокьи, росдал гӏумруялъул тартибалъ куцана лъикӏабщиналде. Росулъ лъадарараб хасият букӏинчӏебани, гьадинаб бакӏалда гӏумру гьабун бажарилароанин ккола. Кӏудияй эбелалъул тарбия, гьелъул гӏакъилал дарсал рикӏун хутӏана рекӏелъ. Цогидаздаса батӏатӏун йикӏинчӏого, гъорлъ жуян, росасул гӏагарлъиялъул гӏамал-хасиятги босун йикӏаян малъулаан гьелъ.\nРосдал тарбия щварав чи къо хӏехьолев вукӏунин рикӏкӏуна дица. Гьединго гӏемер ракӏалде щвезабула инсул кьварараб малъа-хъвай, цо-цо захӏматал къояз гьез дие гӏемер сабруги кьуна. Эмен тӏуван ригьнада данде чӏечӏониги, тӏад юссине дие нух гьечӏеблъи кидаго лъалаан. Ро- сасдаса ятӏалъун ячӏинегӏан рухӏ гьечӏеб дур къаркъала къабул гьабизе бигьалъилин кьварун лъазабуна инсуца: «Дур къвакӏараб хасият буго, букӏинчӏебани гьединаб гали тӏамилароан. Кинаб ахӏвал-хӏалалде кканиги, чияр росулъ яшав гьабизеги бажаризе буго духъа. Бежтӏасаги рикӏкӏаде вачине рес буго къисматалъ чи. Амма кӏочонге:\n— Аллагь гьечӏеб бакӏ кибго гьечӏо, гьеб божи рекӏелъ ккве. Сундулъго лъикӏлъи бихьизе хӏаракат бахъе, квешлъи хъирщуге. Нилъеца гӏакълуялъ цӏадирабазда лъуни, лъикӏлъи кибго буго цӏикӏкӏун, квешлъиялдаса», — ян.\nДилъ жавабчилъи щула гьабизе инсуца кьураб гӏакълу даимго кӏоченаро. Нижехъе гьоболлъухъ гӏемер щола Цовкраялдаса гӏагарлъи, дирго яц-вацал. Гьелги рачӏуна жидерго гьудул-гьалмагълъигун.\n— Палугьанлъиялъе ругьун гьарулаанищ гьитӏинаб мехалъ?\n— Нижер тухумалъул рукӏана машгьурал палугьаби. Школалда, щибаб физкультураялъул дарсида, 15 минутниги палугьанлъиялъул махща- лие кьолаан. Гъира бугез тӏадчӏун босулаан махщел. Дагьа-макъабниги гьеб гьунар гьечӏев чи нижер вукӏунароан цеве.\n— Байбихьуда гьание щведал мацӏ лъазабизе, рукӏа-рахъиналде ругьунлъизе захӏмат букӏанищ?\n— Захӏмат букӏинчӏинги абиларо. Лъагӏалида жаниб босана бежтӏадерил мацӏ, ругьунлъана кӏалъазе. Нижер росдал мацӏалъулъги руго бежтӏадерил ва магӏарул мацӏалда релълъарал гӏезегӏанго рагӏаби. Чӏахӏиял лъималазда лъала тумазул мацӏ, гӏисиназдаги бичӏчӏула, гьелги ругьунлъила бицине.\nБайбихьудаго дун гьаний пана гьаюна тӏабигӏаталъ. Гьаб тӏабигӏатго гӏадал гӏадамалги руго, гьез дун лъикӏ къабул гьаюна, дие гьалги рачӏинахъего къабуллъана. Кумекалъе хӏадурал, хӏажаталъур ратулел гӏадамал руго. Щиб миллаталъул ругониги, нилъер мугӏрузул халкъазул хасияталъул бицинегӏанасеб батӏалъи гьечӏо. Дагъистаналъул миллатазул кьибил цого батилин рикӏкӏуна дица. Хасият-гӏамал, ракӏ гӏатӏилъи буго релълъараб. Дир кӏудияв инсуда лъалаан магӏарул, лъарагӏ, дарги мацӏал. Гьел лъанин абун зарал букӏинищха, жеги гъункун щулалъила нилъер халкъал. Магӏарул мацӏги бичӏчӏула дида, амма чвахун бицине лъаларо. Лъалаан гьебги, цо моцӏалъниги бицунел чагӏазда аскӏое ккани.\n— Кистаман, дуца цӏакъ панаго бицунеб буго бежтӏасезул хӏакъалъулъ. Гьаниб гӏумру жеги берцинлъиялъе, цебетӏеялъе кинал нухал дуда рихьулел?\n— Бежтӏа участок мустахӏикъаб буго «район» абураб статус кьезе. Гьелъие гӏураб тӏабигӏияб ва рухӏияб бечелъиги буго гьаниб. Гьеб статус букӏарабани, хӏалтӏизе бакӏалги цӏикӏкӏинаан, гӏадамалги шагьаразде гочинароан. Гьаб мухъалде хӏукуматалъ кӏвар кьуни, гьайбатаб тӏабигӏаталдаса пайдаги босани, хайир киназего букӏинаан. Мисалалъе, босе бокьараб магӏарул район — гьанибгӏан мукъсанаб бюджет кибниги батизе рес гьечӏо. Рикӏкӏадаб бакӏ букӏунгӏаги батила, хӏукуматалъул тӏалаб-агъаз гьанибе щолареб.\nХӏакъикъаталдаги, гӏисиналго рукъзабахъ, санагӏатго гьечӏел бакӏазда хӏебтӏун ругоан лъикӏал махщелчагӏи, хӏукуматалъул идараби.\nБИДУЛЪГО БУГО ТИРИЛЪИГУН ШАВКЪ\nКӏиго соналъ цебе рахьдал мацӏазул фестивалалда битӏахъе хӏайран гьаруна бежтӏасезул лъима- лазул ансамблялъ, гьез бихьизабураб миллияб кьурдиялъ. Февраль моцӏ бугониги, рикӏкӏадаб Бежтӏаса рахъун гьел рачӏиналдаго гӏажаиблъун рукӏана фестиваль гӏуцӏарал.\n— Рикӏкӏада ругин абун, ниж нахъекъан чӏоларо, гӏезегӏанго гӏахьаллъула республикаялъул тадбиразда, — ян бицана Кистаманица. — Нижер искусствоялъул школалъул хӏалтӏи, лъикӏаб даражаялдеги бахинабун, гӏуцӏана Абакаров Шамилица. Гьев нахъе индалги кинабго цӏунун цебе бачунеб буго Шамилил яс, Патӏимат Абакаровалъ. Гьаниб лъималаз хехго босула кьурдул расен. Гьезул бидулъго буго тирилъи, шавкъ, аваданлъи. Нижеца харабазда гьикъун, кьучӏдасанго лъазабула бежтӏасезул цебесеб ратӏлил хаслъи, некӏсияб кьурдул къагӏида. Гьелда рекъон хӏадурула церерахъиналги.\nНахъисеб къоялъ радалго кӏалъана Кистаман, биччан гьобоги, боркьун корги бугин, цӏиххенараб тӏех кваназе къватӏие яхъаян. Ячӏинахъего гьелъ дун ячана, аскӏобго бугеб, гьабигьан Гӏайшатил рокъое. Гьениб хӏадурун бугоан миллияб кванил тепси. Гьеб нигӏматалъул тӏагӏам босизе тӏадего щвана Шугӏайб Ражабовги газеталъул хӏалтӏухъан Гӏабашги. Гьенивго ватана Кистаманил рос Мухӏамадрасулги. Гӏайшатил гьабихъ тӏохол хӏуралъ цӏурай дун, Бежтӏа росдал басриял авалал рихьизе, цо свери бахъизе рилълъаянги абун росасул машинаялде рахинаруна Кистаманица.\nБасрияб росуян абидал, нилъеда цере тӏамула ракьул тӏохал тӏун хутӏарал ганчӏил къадазул чӏваднал. Гьединаб цониги рукъ дида халлъичӏо. Ригьзал ругоан кӏиго, лъабго тӏалаял, тӏасиял тӏалабиги, аслияб къагӏидаялъ, хъорщол гьарурал. Гьединаб цо ригьалъул кӏалтӏе щведал ниж лъалхъана. Гьелда цееги эхетун, Кистаманица ракӏалде щвезабуна гӏолохъанлъи:\n— Патӏимат, гӏенекке, гьас дида шагьаралда бицунаан мун жание ячине жидер лъабтӏалаяб мина бугилан. Дунги йохун йикӏинарищха. Щунго бахъунареб халатаб нухги тун гьаний рещтӏиндал, буго хъорщол мина.\n— Эбел-инсул мина, биххизе течӏого, цӏи гьабуна нижеца, — ян бицана Мухӏамадрасулица рагьдухъа жанире лъугьунаго. Рукъалъул лъабабилеб тӏалаялде рахиндал, данде вачӏана гьайбатав гӏолохъанчи.\n— Гьав нужер кӏудияв вас ватила, — ян абуна дица.\n— Гуро, Патӏимат, гьав дир вац вуго, — ян Мухӏамадрасулица абидал, дунгоги дагьай гӏажаиблъана.\n— Дунялалда бищунго аслияблъун дида бихьула хъизамалъул бечелъи.\nЭмен цадахъав вац — гьев лъималазулгун гӏелбащадав вугониги, цӏакъ къиматав вуго дие.\nМухӏамадрасул ватана магӏнаяб, къапараб гӏамалалъул чи. Махсараялдалъун гӏакъилго кӏалъалев гьес чвахун бицунеб букӏана магӏарул мацӏ. Рос-лъадуца аваданго ракӏалде щвезабуна жалго данделъараб заман, гӏолохъанал сонал.\n— Гӏумруялъ кӏочене бегьилищха, дие гӏоло гьаб ракьалде цоги миллаталъул яс ячӏин, дие бокьулебщинаб гьалъиеги къиматаблъун лъугьин. Гьей йичӏчӏулевлъун вукӏине дидаги тӏадаблъун бихьула.\nКӏудияв вас Шамилил спорталъул цебетӏеялдаса, захӏмат бихьун гьес цӏализе, хӏалтӏизе бахъулеб хӏаракаталдаса разиго ругоан эбелэмен. Улкаялда тӏоритӏулел самбоялъул (ММА) къецазда гьес росун руго гӏемерал бергьенлъаби.\n— Дунялалъул чемпионазе гурони, жанисел бергьенлъабазде кӏвар кьолеб гӏадатго гьечӏо нилъер. Къого бихьичӏого щолел жал гурелъул гьал, — инги абун, Кистаманица дида рихьизарулел рукӏана къадазда рарал васасул кубокал ва цогидал шапакъатал.\n— Цо нухалъ Бежтӏе щварав чи гьаниве ракӏалъ цӏала. Цо анкь базе, хӏухьбахъизе рачӏа нижехъе, — ян абуна Кистаманица къо-лъикӏ гьабулаго.\nХАДУРАГӏИ\nБежтӏа бараб цо сордо-къоялда жаниб гьудуллъи ккана гӏемерал лъикӏал гӏадамазулгун, бежтӏадерил гьунарчагӏазулгун, библиотекая лъул ва цогидалги маданияталъул хӏалтӏухъабазулгун, мугӏалимзабазулгун, тохтурзабазулгун, хӏатта лъималазулгунцин. Бицана жидецаго гьабулелъул, кӏалъа-басаялда рижана цӏиял пикраби, къотӏи-къай ккана кидаго бухьеналда рукӏине, гьезул хӏаракаталъул, гӏузрабазул хӏакъалъулъ газеталдаса бицине.\nНиж гьоболлъухъ рещтӏараб Мухӏамадзагьидил ва Патӏиматил рукъалъул ва хважаиназул гӏаданлъиялъул хӏакъалъулъ бицани, цоги казият биччазе ккела. Цӏурачадал магӏарулазул гӏемер батӏи-батӏиял руго, амма гьезул рокъор кванарал кӏалдир риунел ратана.\n— Гьаб гьан нужеца кингӏаги белъараб, — ин абулеб букӏана, гьеб нигӏматалъул батӏиябго татуялъ гӏажаиблъизарурал нижеца.\n— Нижер тӏабигӏаталда тӏагӏамаб гурони нигӏмат букӏине рес гьечӏо, — ян махсараги гьабулаго, нижеда цере белъараб гьанал цӏи-цӏиял гъудрул лъолел рукӏана участокалъул бетӏер Хӏусен Хӏайбулаевас.\nХӏалтӏулал сапараз гӏезегӏан щола ниж росабалъе, щибаб бакӏалъ батӏа-батӏаго тола рекӏелъ хатӏ.\nБежтӏадерил расен, гьезул кверзул устарлъиялъул накъишго гӏадаб гьайбатаб батана.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "12857-gaburase-khialtii-khiazhatase-sharti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12857-gaburase-khialtii-khiazhatase-sharti", "title": "Гьабурасе хӏалтӏи, хӏажатасе шартӏ", "date": "2021-07-02 06:48:54", "categories": ["magiarukh"], "text": "Тӏоцебесеб нухалда дун Бежтӏе щун вукӏана советияб заманалдаго, ай 1979 соналда, Сугъралъ росдал колхозалъул гӏиги бачун. Нухда 26 сордо-къоги бан, лъикӏаб хӏалалда свакан, гӏезегӏан захӏмалъиги бихьун, бежтӏадерил ракьалде щведал, цо батӏияб дунялалде щвараб хӏисаб букӏана. Рорхатал мугӏрул, балагьун гӏорцӏулареб берцинлъиялъул ва бер гӏунтӏулареб гӏатӏилъиялъул тӏабигӏат, кирго рихьулел рохьал, гъира базабулеб сасгун дораса-гьанисан чвахулел рацӏцӏадал лъарал…\nРосулъе щведал, тамашаго бихьана гьелъул гӏуцӏиги — тӏубанго батӏияб къагӏидаялда рарал цӏулал минаби ва тунго лъугӏулареб (гӏага-шагарго 7 км) хӏалалда гӏурулмухъ ккун унеб росу. Хадувккун гӏезегӏан бакӏазде щваниги, гьединаб бакӏ чачаназул ракьалда бугеб магӏарулазул Кенхи росулъ гурони тӏокӏаб кибго дандги чӏвачӏо.\nДагъистаналда, хасго магӏарухъ гьобол-гьудул хириял гӏадамал рукӏин киназдаго лъала. Амма бежтӏадерил гьеб гӏамал-хасият буго цӏакъго тӏадегӏанаб даражаялда. Гьел руго тамашаго гӏадатиял, ракӏал рагьарал, кутакалда гӏамал рекъарал гӏадамал. Гьел цӏакъ разилъула цо лъил бугониги хъулухъ тӏубазе, лъие бугониги кумек гьабизе рес щвеялдаса.\nБежтӏа участок пачалихъиял идарабазул бербалагьиялда гъоркь бугониги, гьенибе щолеб кумек, квербакъи якъинго бихьулеб бугин абизе кӏоларо. Гьелъие гӏиллаги батизе бегьула тахшагьаралдаса рикӏкӏалъи (300-гӏан км) ва тӏадегӏанал хъулухъазда бежтӏадерил вакилзаби гӏемер гьечӏолъи.\nРедакциялъул коллективгун цадахъ гьенибе бухьараб сапаралда, тӏоцебесеб иргаялда, щвана росулъа 4-5 километралъ рикӏкӏад, рорхатал мугӏрузул ахада, гӏонсол бицатаб гъатаз бакӏ-бакӏаздаса бацараб, Аваргӏурул байбихьи бугеб авал-майданалде. Риидалил заманалда бежтӏадерица гьениб боцӏиги хьихьула. Цо бокь батаралъуб лъалхъидал, гьений ятана боцӏул тӏалабалда йигей социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъан, Патӏимат Гӏабдурахӏманова.\nБЕЖТӏАДЕРИЛ ХӏАН\n— Патӏимат, кин гӏуцӏун бугеб хӏалтӏи?\n— Гӏагарлъиялъул чагӏазул гӏачиги данде гьарун, хис-хисун гьаниреги хьвадун, хьихьула боцӏи. Гьаниб буго кинабниги 22 гӏака. Диде ирга щведал бечӏчӏараб рахь букӏуна дие, гьебго хӏалалда цогидазеги.\n— Дур буго 1 гӏака, цогидалъул – 3, лъабабилелъул жеги цӏикӏкӏун. Дуца 22 гӏака бечӏчӏун гьабураб хӏан хутӏулеб буго дуе, лъабго бугелъеги гьебго. Битӏун бугищ гьеб?\n— Байбихьуда, киналгоги ракӏарун, бечӏчӏула жиде-жидер гӏака ва молокомералъ борцуна щибаб гӏакдаца кьолеб рахьдал къадар. Мисалалъе, дир гӏакдаца кьуна 5 литр, мадугьалалъул гӏакдаца — 10 литр. Дун гьание уна цо къоялъ ва гьеб къоялъул рахь-хӏанги хутӏула дие. Дой цояй уна кӏиго къоялъ ва кӏиябго къоялъул рахь-хӏанги долъие хутӏула.\n— Дур рос Салман ккола участокалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул хӏалтӏухъан. Гьес абуларищ тейин гьеб хӏалтӏи, чӏайин дурго хӏалтӏудайилан абун?\n— Абуларо. Гьесиеги кутакалда бокьула тӏабигӏат ва гьаб хӏалтӏи, цо-цо нухалъ живгоги вачӏуна кумекалъе. Гьабсагӏаталда гьев Махӏачхъалаялда вуго, гуребани жакъаги гьанив вукӏунаан.\nСВЕРУЛЕБ ГЬОБО, ХХЕНОЛЕБ ХАНЖУ\nНилъер умумузе чара гьечӏеб жо букӏана гьобо, цониги гьеб гьечӏеб росуги къанагӏат гурони букӏун батиларо. Бокьараб нигӏмат тукабазда бугеб гьаб заманалда гьеб хӏал сверана гӏаксалда — къанагӏат гурони ратиларо гьабал ругел росаби. Бежтӏа буго токалъ хӏалтӏулеб гьобо, буго лъетӏа хӏалтӏулебги, амма гьеб гьабсагӏаталда чӏун буго. Токалъ хӏалтӏулелда гьабигьан йиго чӏужугӏадан — Гӏайшат Исмагӏилова. Гьелъулгун букӏараб гара-чӏвариялда Гӏайшатица бицана, жинда рекъараб хӏалтӏи батизе ккани, гьеб захӏматаб иш бугин.\n— Дир рокъов вукӏана 5-6 бихьинчи. Дир аслияб хӏалтӏи букӏана даран-базар гьаби.\nМогьолал культураби дагь гурони хьаларо нижер гьанир, ругелги хӏалтӏизарула дица, хӏажатаб босула Махӏачхъалаялдаса, Хасавюрталдаса. Жалго гӏадамазги бачӏуна. Масала, Нахӏадаса гӏемер бачӏуна огоб. Нижер росулъ, я сверухълъиялда тӏокӏаб гьечӏо хӏалтӏулеб гьобо. Гьединлъидал хӏалтӏи гьечӏого киданиги хутӏуларо, рачӏуна нижерго гьанисаги мадугьалихъ росабалъаги гӏадамал.\n— Дица букӏине кколеб хӏалалда бацӏцӏад гьабула кинабго, ракӏ бацӏцӏадго бассула, гьелда рекъон гӏадамазеги бокьула дир ханжу, тӏи, тӏех, гӏатӏ, урба ва цогидаб, — ан бицана Патӏиматица. Гьаниб бичизе урба босизе дун хьвадулаан Буйнакск, Гъизилюрт, Хасавюрт шагьаразде. Гьедин, цо бакӏалдаса лъелъ босун, цогидаб бакӏалде гьеб ххенезе ун, дун щвечӏеб бакӏго хутӏун батиларо. Гӏемер захӏмат бихьулаан, бизарлъулаан. Гьединлъидал хӏукму ккана росулъго гьобо хӏалтӏизабизе. Гьеб иш лъалей, гьелъул хӏалбихьи бугей гӏаданги дун йикӏинчӏо. Амма бала-гъалагьун, гьазда-дозда гьикъун, добаса-гьаниса хӏажатаб данде гьабун, дицаго гьабуна гьобо ва 18 сон буго гьаний хӏалтӏулелдаса.\n— Гьеб хӏалтӏи тезе ракӏалда бугищ?\n— Дир буго 67 сон. Аллагьас черхалъе сахлъиги, кверазе къуватги кьурабгӏан заманалда жаниб дица гьобо хӏалтӏизабизе буго. Лъабго къоялъул дунял буго гьаб, гӏемераб жо къваригӏунги гьечӏо. Амма пенсиялъул 10 азарго гъурщихъ балагьунги кинха чӏелей? Дир буго цо гӏачӏар, картошка бекьулеб 5 сотыхалъул участок, гьаб гьобогиха.\nГУЧАЛ РОХЬАЗУЛ ЧУЧЛЪУЛЕБ КЪИСМАТ\nБежтӏадерил ракь киса-кибего ккун буго рохьаз. Гьединлъидал хӏукму ккана рохьихъан Ахӏмад Му хӏамадовгунги дандчӏвазе. Гьев рохьил магӏишаталда хӏалтӏулев вуго 28 соналъ. Гьезул жавабчилъиялда буго Бежтӏа, Хашархотӏа ва Нахӏада росабазул рохьазул 11,4 азарго гектар. 90-абилел соназда гъурана, бокьухъе къотӏана рохь. Гьединаб ахӏвал-хӏал букӏаниги, щибаб соналъ 3-5 гектар тӏадеги чӏун, гьезда кӏвана гӏаммаб гӏатӏилъи цӏунизе.\nАмма буго гьадинаб масъалаги, — ян бицана А. Мухӏамадовас, — соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго гӏадамазул къадар, росабалъе бачун гьечӏо тӏабигӏияб газ, гьединлъидал рес гьечӏо цӏул хӏалтӏизабичӏого. Дагь-дагьккун дагьлъулеб буго рохьил законодательствоялда рекъон къотӏизе бегьулеб рохь. Гьадин балагьун бихьулеб гьечӏониги, гьеб буго цӏакъ кӏудияб ва кӏвар бугеб масъ- ала. Тӏабигӏияб газ бачиналъул ва токалъул рахъалъ киналго шартӏал чӏезариялъул суалал гӏагараб заманалда тӏурачӏони, 10-15 соналдасан гьеб сверизе буго экология ва тӏабигӏат хвеялда хурхараб балагьалде.\nБИЦАРАЛЪУЛ ЛЪАЛКӏ, ГЬАБУРАЛЪУЛ НУХ\nДагьал церегӏан соназдаги бокьараб росдал гӏумруялъулъ лъалеб бакӏ кколаан годекӏаналъ. Цӏиял харбалги лъазе, цо-цо кӏвар бугел суалалги дандразе гьенире ракӏарулаан хараби, къадруял гӏадамал. Заманалда рекъон хисана годекӏанги. Щивасул рокъобе щвана телевизор-компьютер, бухьеналъе руго бокьарал алатал. Щивас жидерго рокъо-рокъоб гӏуцӏана гьитӏинабго «годекӏан». Гьанже дагьал росабалъ гурони дандчӏваларо цебесеб мисалалда «хӏалтӏулел» годекӏаби. Бежтӏе щведал, ниж тӏаде ккана рузманалде инегӏан кӏудияб ригьалъул гӏадамал ракӏарулеб, Кӏудияб мажгиталда аскӏоб бугеб «Кӏудияб кьодухъ» годекӏаналде. Нижергун хабаркӏалалда вукӏарав 68 сон барав Шарапудин Шейховас гьадин бицана:\n— Нижер авалалда вуго дидаса кӏудияв цо чи. Тӏолабго росулъ ватила 20-25 чи. Гьанже годекӏабазул цебе гӏадаб къимат гьечӏониги, гьел хӏажалъула. Росдал гӏемерисел суалал харабаз росулаан годекӏанире дандразе, цоязда лъалареб цогидаз бицунаан гьениб, кколаан пайдаял бухьенал. Гӏаммаб куцалда босани, годекӏан букӏана росдае ва росдал жамагӏаталъе чара гьечӏеб бакӏ.\n— Мун гӏолохъанаб мехалда годекӏаниб бицунеб букӏарабги гьанже бицунебги цого бугищ?\n— Дагьа-дагьал гӏадамал ракӏарулел годекӏаби гӏезегӏан руго росулъ, гьанир ниж данделъула рузманалде инегӏан. Цебе политикаялъул гӏемер бицунароан, хабар кколаан росдал гӏумруялъул, гьениб лъалаан дунялалдаго кколетолеб. Гьаб заманалда гӏемерисеб бицунеб жо букӏуна пенсиязда сверухъ, гӏадамазул рукӏа-рахъиналда хурхараб. Гӏемерисеб хӏалтӏи-ишги харбиде буссун бугелъул, гьанже дагьаб цӏикӏкӏун буго политикаги.\n— Бежтӏадерида цере чӏарал аслиял масъалаби киналлъун рихьулел дуда?\n— Цереялде данде нухал гӏемерго лъикӏлъун руго, амма пачалихъияб программаялда рекъон 2022 соналда хъил тӏураб шагьранух щвезе ккола Бежтӏа росулъе. Цӏакъ бокьилаан исана гьеб хӏалтӏуе байбихьи лъезе.\n— Магӏарухъ ругел цо-цо росаби чӏороголъулел руго, гӏадамал гочунел руго гӏодоблъиялде. Гьеб рахъалъ щиб хӏал бугеб бежтӏадерил?\n— Ахираб 10-15 соналда жаниб 1,5 нухалъ кӏодолъана нижер росу. Гьеб жеги кӏодолъизе ва цӏилъизе букӏиналда дир кинабгӏаги щаклъи гьечӏо.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "12858-rekiel-busen-l-urab-l-ayal-ul-gulak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12858-rekiel-busen-l-urab-l-ayal-ul-gulak", "title": "Рекӏелъ бусен лъураб лъаялъул гьулак", "date": "2021-07-02 06:57:44", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Бежтӏа участокалда буго анлъго гьоркьохъеб, цо аслияб ва цо заочнияб школаги, лъималазул спортивияб лъабго школаги, лъималазул творчествоялъул кӏиго школаги, искусствоялъул цо школаги, цо лъималазул ахги ва гьелъул цо филиалги. Участокалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел руго информациялъулгун методикаялъул пагьмуял лъималазулгун хӏалтӏи гӏуцӏиялъул централ.\nРехсарал лъай кьеялъул идарабазда хӏалтӏулев вуго укънусгогӏанасев педагог. Бежтӏа участокалъул школазда хӏалтӏулев вуго кӏикъогониги «ДРялъул мустахӏикъав учитель», «РФялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъе мустахӏикълъана 12 учитель.\n«Лъай кьей» абураб миллияб проекталда рекъон, щуго гьоркьохъеб школалъе кьуна цӏалдохъаби школалде раччизе автобус, буго предметияб 18 кабинет ва 62 компьютер. Киналниги школал хьезарун руго интернет-бухьеналдалъун ва 1-4 классазул цӏалдохъабазе кьолеб буго къадеквен.\nУчастокалъул школазул лъабго учитель мустахӏикълъана 100 азарго гъурщил гранталъе ва 2008 соналда Россиялъул бищун цӏакъал школазул сияхӏалда гьоркьобе ккараб Хашархотӏа росдал школалъе щвана миллион гъурщил грант.\nГьединал хӏасилал ккеялъе сабаблъун батана гӏемерал соназда Бежтӏа участокалъул росабалъ хӏалтӏарал педагогазул ва лъай кьеялъул гӏуцӏарухъабазул хӏаракат.\nБежтӏа росдал школалъе кьучӏ лъуна 1928 соналда. 1930 соналда гьениб рагьана байбихьул школа (ликпункт). 1938 соналда гьелъул бакӏалда рагьана анкьгосонилаб школа. 52 соналъ бежтӏадерил лъималазе лъайгун тарбия кьурав дир эмен Хӏасан Сулеймановасул ракӏалдещвеязда хъван буго: «Дун школалда цӏалулеб заманалда анкьгосонилаб школалъул классазул къадал лахӏчӏегӏерлъун рукӏунаан. Цӏияб цӏалул соналде школа хӏадуриялъул рахъалъ районалъул хӏакимзабазухъа школалъе кинабгӏаги кумек щолеб букӏун батиларо. Хасало классал хинлъизарулаан бакӏалъул маххул къебедас гьарурал печалги ракун. Нухал гьечӏелъул ва школалъе гӏолеб къадаралда тӏурччи-цӏул щунгутӏиялъ, росдал советалъ щибаб хъизамалда тӏадкъан букӏана школалъе цо-цо кубометр цӏулал хӏадуризе ва щвезабизе. Гьеб цӏул сокӏкӏунаан школалъул азбаралда. Печалъул мащаби хехго цӏолаан лахӏул ва гьебмехалда кӏкӏуй чӏолаан классазда. Гьелда бан, дарсалги гьоркьор къотӏизарун, цӏалдохъаби рокъоре ритӏулаан. Хасало лъимал квачалаан дарсида ва гьединлъидал гӏемер унтулаан.\n60-абилел соназул ахиралда классазда хинлъи чӏезабиялъе хӏалтӏизаризе байбихьана тӏурччи балел печал. Школалъул букӏана ункъо цӏалул корпус. Цониги чиясда ракӏалде кколеб букӏинчӏо Бежтӏа росулъ цӏияб школа базе кколин абун. Тайпадулаб школа гьечӏеб районалъул центрлъун хутӏун букӏана гӏицӏго Бежтӏа росу», — ян.\nБАРКАЛА, ТАМАРА СТЕПАНОВНА!\n1947 соналда гьеб школалъул кьучӏалда рагьана школа-интернат. Гьенир цӏалулаан мадугьалихъ росабалъа захӏматчагӏазул лъимал. 1958 соналда рагьана гьоркьохъеб школа.\n70-абилел соназул байбихьуда Бежтӏа росдал школалда хӏалтӏизе рачӏана гӏурус учительзаби. Ленин- градалда гӏагарлъухъ бугеб Гатчинаялда педучилищеги лъугӏизабун, 25 выпускник витӏана Цӏунтӏа районалде. Школалъул тарихалда даим хутӏила меседил хӏарпаз хъварал гьезул цӏарал: Н. И. Никитин, Т. С. Тотоева, Т. С. Колодяжная, Г. И. Матченко, В. Г. Белова, Е. В. Семенова, Н. Л. Гагуноева, А. А. Хорко, В. А. Курткова, Е. А. Анесинова, А. Я. Гришина, З. Ф. Епова, Г. А. Рогозина, Т. С. Лукичева, Т. А. Мукеева, Т. Т. Белоусова, Г. С. Рябченко, С. И. Тонари, Н. Ф. Кирина ва цогидалги. Школалъул директорлъун йикӏана Нина Федоровна Кирина.\nТамара-ийо (Тамара-эбел) – гьедин абулаан нижеца Тамара Тотоевалда. Гьей йикӏана Моздок шагьаралдаса асатӏинай. Хӏакъикъаталдаги, гьелъ эбеллъи гьабуна Аминат Анжоевалъе. Тамараца гӏумру гьабулаан Аминатил рокъоб. Дарсаздаса рокъое щведал, кумек гьабулаан Аминатие кӏудияб хъизан хьихьизе. Школалда ниж цӏалулеб заманалда гьей тӏад юссана жиндирго ватӏаналде. Аминатил яс Музиятицаги дицаги кагътал хъвалаан Моздокалда, Коста Хетагуровасул къотӏноб гӏумру гьабулей Тамара Степановналъухъе. Жакъаги бухьен тӏезе тун гьечӏо Аминатил яс Патӏиматицаги Тамарал яс Азацаги.\nБежтӏа росдал школа лъугӏизабурав лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс тӏаса бищана учителасул махщел. Тӏоцеесей учительницалъун ва комсомолкалъун ккола 1946 соналда анкьгосонилаб школа лъугӏарай Гӏашурат Абакарова.\nБатӏи-батӏиял соназда гьеб школалда хӏалтӏана Анцухъа Зияудин Абакаров, Сагьадаса Рамазан Мухӏамадов, Латӏип Мухӏамадов; Шапихъа Жамал Мухӏамадов, Кьадалиса Жамал Давудов, Тажудин Дибиров, Шамсудин Жамалудинов, Нажмудин Мухӏамадов; Хунзахъа Жамал ва Патӏимат Гьиматовал (Жамал хӏалтӏана школалъул директорлъунги районоялъул нухмалъулевлъунги), Каримула Набиев, И. Къурбанов ва Гьоцӏалъа Гӏума Хӏажиев; Сугъралъа Мухӏамад Агъаев, Гьолокьа Гӏайшат Мухӏамадтӏагьирова, Кӏососа Байдук Мухӏамадов, Гьинухъа Идрис Закаряев, Гӏали Гӏабдулаев, Мухӏамад Хӏусенов, Мокъокъиса Иляс Увайсов ва гь.ц.\nМАШГЬУРАЛ ВЫПУСКНИКАЛ\nШколалъул выпускниказда гьоркьор руго машгьурал гӏадамалги. Масала, школалъул тӏоцевесев медалист, политикиял гӏелмабазул кандидат, контрразведкаялъул федералияб хъулухъалъул полковник, «Азия ва Африка» абураб журналалъул редколлегиялъул членлъунги, Зимбабвеялда рагъулав атташелъунги вукӏарав, гьанже хӏалхьиялда вугев Арсен Гъаниев; филологиял гӏелмабазул доктор, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул отделалъул нухмалъулев, словаразул автор Мажид Халилов; тарихиял гӏелмабазул доктор, ДГУялъул профессор Мухӏамадсагӏид Исмагӏилов, экономикиял гӏелмабазул доктор, Доналда бугеб Ростовалъул Халкъияб магӏишаталъул университеталъул профессор Рамазан Сомоев, Ленинград областалъул Волосово шагьаралъул искусствоялъул школалъул педагог, ДРялъул ва РФялъул мустахӏикъав художник, РФялъул Художниказул союзалъул член Зубайр Мухӏамадов ва гь.ц.\nРосу бакьулъ бугеб гӏагараб росдал школа нижее, 1980-абилел соназул выпускниказе, букӏана гӏицӏго лъай кьолеб идаралъун гуребги, тарбия кьеялъулги, гьудуллъи куцаялъулги, ватӏаналде рокьи цӏубаялъулги къебелъилъун. Школалда цӏалулаго, нижеца гьудуллъи гьабуна улкаялъул цогидал регионаздаса цӏалдохъабазулгун (гӏахьаллъулаан Интернационалияб гьудуллъиялъул клубалъул (КИД) хӏаракаталъулъ): хъвалаан гьезухъе кагътал, бицунаан сверухъ бугеб гьайбатаб тӏабигӏаталъул ва машгьурал росуцоязул хӏакъалъулъ, бахъулаан къадал газета. Кӏудияб адаб гьабулаан нижее лъайгун тарбия кьолел учительзабазул: нижеда хъвазеги цӏализеги малъарай тӏоцеесей учительница Майсарат Абакаровалъул, классалъул нухмалъулев, мунагьал чураяв Анвар Хӏасановасул, биологиялъул учитель Мухӏамад Исмагӏиловасул, химиялъул учитель Гӏабдулатӏип Адаевасул, физкультураялъул учитель Хӏусен Гӏарадаховасул… Гьанжего-гьанже хӏалтӏизе вачӏарав физикаялъул гӏолохъанав учитель Шамсудин Султановичасул нухмалъиялда гъоркь классцоял-васаз гӏуцӏун букӏана футболалъул команда. Гьелда лъун букӏана доб заманалда машгьураб «Бордо» абураб парангазул командаялъул цӏарги.\nШколагун вуз лъугӏун хадубги ниж гӏемер ракӏарулаан Анвар Исмагӏиловичасул рокъор, гьабулаан гьесие магӏишатияб рахъалъ кумек. Гьанже нижер учительзабазул гӏемерисел гьечӏо, гьел ана абадияб дунялалде. Хисун буго школалъул тӏолабго сипатги. Ункъо корпусалъул бакӏалда эхетун буго кӏитӏалаяб мина. Школалъе кьуна Россиялъул Бахӏарчи Гӏабдухаликъ Къурбановасул цӏар. Рагьун буго гьанже заманалъул «Точка роста» абураб тарихазулгун интеллектуалияб центр ва цогидал идараби. Буго школалъул музей, искусствоялъул школа. Хисун руго цӏалдохъабазе тарбия кьеялъул гӏуцӏаби. Амма даим рекӏелъ цӏунун буго дол соназул хӏикматаб суратги гьитӏинго цоцазде бижараб вацлъиялъул асарги.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "12859-sharapudinil-khiarakatgi-ministerstvoyal-ul-zhavabgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12859-sharapudinil-khiarakatgi-ministerstvoyal-ul-zhavabgi", "title": "Шарапудинил хӏаракатги министерствоялъул жавабги", "date": "2021-07-02 07:00:50", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "2019 соналъ бухӏана Бежтӏа участокалъул социалияб рахъалъ гӏадамазе хъулухъ гьабулеб централъул мина. Гьабсагӏат гьелъул хӏалтӏухъаби хӏебтӏун руго ижараялъе ккураб минаялъур. Гьелъул нухмалъулев Шарапудин Шейховасулгун лъай-хъвай ккана Бежтӏе щвараб мехалда. Гьадин бицана гьес жидерго хӏалтӏулги, дандчӏвалел масъалабазулги ва ругел гӏузрабазулги хӏакъалъулъ:\n— Нижер контораялда цӏа ккана 2019 соналъул 4 маялъул сардилъ. Цӏулаца бараб мина букӏиналъ рас течӏого бухӏана гьеб, гьелда аскӏоре къазе кӏолеб хӏалцин букӏинчӏо, щибниги жо нахъе босизеги щвечӏо. Кинабго документация жаниб бугеб сейфниги хвасар гьабеян гьарулеб букӏана дица ахӏуд рахъун кумекалъе щварал чагӏаздаги цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаздаги. Кӏвечӏо гьебги нахъе босизе.\n— Цӏа ккеялъе гӏилла щиб бугилан абураб?\n— Ургъунго гъураб цӏа бугилан чӏезабуна цӏех-рехалъ. Нахъисеб къоялъго Бежтӏе щвана республикаялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул вакилзаби. Амма гьаб кӏиябго соналда жаниб я полициялъ, я цогидал идарабаз щибниги хӏалтӏи гьабичӏо гӏайибиял тӏатинариялда хурхун. Гьединлъидал лъиениги тамихӏги гьабун гьечӏо. Министерствоялъ дида гьикъана жидеца дуе гьабизе кумек бугищилан. Амма дица гьелдаса инкар гьабуна.\n— Щай?\n— Щайгурелъул, дирго лъаялдаги бажариялдаги ракӏчӏун вукӏана дун. Министерствоялъул нухмалъулезда дица абуна дидаго кӏолин кинабго рагӏалде бахъинабизе. Кӏвезеги кӏвана. Лъабго моцӏида жаниб ралагьана компьютералги, цӏигьабуна кинабго документацияги — нижер централъ хъулухъ гьабулев вукӏарав 600 чиясул кагътал, нижерго хӏалтӏухъабазул документал. Хӏатта, цебе букӏаралдасаги лъикӏго хӏалтӏизе рес кканиланцин абизе бегьула гьеб кинабго цӏигьабун хадуб. Дун гьаб хӏалтӏуда гъорлъ вугелдасаги 21 сон тӏубала исана. Анлъго министр хисана гьеб заманалда жанив.\nГьабсагӏаталда, 15 азарго гъурущги моцӏалъе кьун, ккураб минаялъур хӏебтӏун руго ниж. Гьеб рахъалъ дие кумек щвана министерствоялдасан. Гьеб гуребги, хӏалтӏухъабазе къайи-цӏаялъе харж гьабизелъун 380 000 гъурущги щвана дие гьезухъа. Гьеб гӏарцуде дица росана цӏиял столалгун бакӏал, анлъго компьютер (цебе лъабго гурони букӏинчӏо). Дица абила, нижер Бежтӏа бугеб СЦОНалъул материалиябгун техникияб база мугӏрузул районазда гьоркьоб бищун лъикӏаб бугилан.\n— Чан хӏалтӏухъан вугев централда?\n— 66 чи. Нижеца хъулухъ гьабулел гӏадамазда гъорлъ вуго сахлъиялъул рахъалъ нахъе ккарав, гӏажизав 400 херав чи, гьединго кумек хӏажатал 225 чӏужугӏадангун лъимер. Гӏаммаб куцалда босани, 625 чи.\nНижер централда буго рокъоса къватӏире рахъине кӏоларел ва рикӏкӏадал росабалъ ругел гӏадамазе рокъо-рокъоре ун хъулухъ гьабулеб къагӏидаги.\nЦентралъул мина цӏи гьабизе кумек гьарун гӏемерал бакӏазде, идарабазде хъвадарун вуго Шарапудин Шейхов.\nРеспубликаялъул захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Изумруд Мухӏудиновалъухъеги чанцӏулго ритӏун руго гьес кагътал. Гьелъул халатаб жавабалдаса бичӏчӏараб жо ккана бухӏараб бежтӏадерил центр цӏи гьабизе гьабсагӏат гьезул гӏарац гьечӏолъи. Гьениб хъвалеб буго жидеца гьарилила нужер центр республикаялъул инвестициялъулаб программаялде гъорлъе бачейин абун. Къокъго абуни, берцинго тӏаса рихьизарун руго.\nГьанже Шарапудиница, киналго хӏалтӏухъабазул цӏаралдасан, гьединабго магӏнаялъул кагъат хъван буго республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасухъеги. Хьул буго гьесгӏаги кумек гьабизе батилин абураб.\nСураталда: Шарапудин Шейхов — централъул мина бухӏараб бакӏалда хутӏарал чӏвадназухъ.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "12860-k-anagiatab-gunaral-ul-k-ebel-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12860-k-anagiatab-gunaral-ul-k-ebel-ukh", "title": "Къанагӏатаб гьунаралъул къебелъухъ", "date": "2021-07-02 07:05:11", "categories": ["magiarukh"], "text": "Бежтӏа росулъ буго Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул филиал. Гьенире щведал, хӏалтӏуда ратана музеялъул директор Рамазан Шейховги гӏелмияй хӏалтӏухъан Патӏимат Назариковаги.\nМузеялъул минаялда абизе бегьула «Гьитӏинаб Бежтӏайиланцин». Гьенире щведал, цоги нухалда ракӏалде щвана гӏагараб ватӏан цӏунизе арал гӏолилазул бахӏарчиял ишалги, гьоркьоса къотӏи гьечӏеб наслабазул бухьен ирсалъе кьолеб бахӏарчилъиги. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб буго изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул къокъалдеги данде бежтӏадерица гьабураб рагъул баян кьолеб стендалъ.\nМинаялъул кӏиабилеб рукъ буго гӏицӏго бежтӏадерие хасал экспонатазул цӏураб. Руго гьенир бежтӏадерил руччабаз гурони хьухьунарел щватабиги, цохӏо гьезул гурони рукӏунарел накъишалги.\nЦогидаб рахъалда – гӏолохъанай эбелалъул бокӏон. Гьабураб лъимер лъезе къачӏараб гӏолохъанаб рицӏцӏигъотӏол гӏаркьалабазул хьухьараб гьегь. Угьарал ва рукъарал накъишаз берцин гьабураб кинидул къайи – «беза» (кини баччулеб рачел), «кьодогото» (кинида лъураб лъимералда тӏад букӏунеб, буртинаялда тӏасанги гъоркьанги ххамги букъун, гьелда тӏасан кьер-кьерал куназул накъищал гьарураб покрывало), «састӏули» (унго-унголъунги нуралъул кьерал такрар гьарулеб анкьго гъаталъул къандалъо – гьелдаги угьун руго накъишал ва рукъун руго кьер-кьерал маххалги маргъалалги). Гьадинаб кини тӏоцебесеб нухалда бихьана гьениб. Лъабго моцӏ базегӏан, гьединаб киниялда бущунеб буго лъимер, цинги – гӏадатияб киниялда.\nГьале хури-харинире унеб мехалда руччабаз босулеб букӏараб къвачӏа. Руго хасаб мурадалъул къучӏбиги: сапаралда вугев чияс тамахьо балебги, хурие хӏалтӏизе унеб мехалда цадахъ цӏам босизе хӏалтӏизабулебги. Тӏубалеб хъулухъалда рекъараб роценалъул руго гьел. Берцинлъиялъе – киса-кирего гьарурал накъищалги.\nЩар чӏвалеб дад. Гургинаб цӏулал къалиялда релълъараб ва бакьулъ хъатгӏанасеб каратӏ бугеб гьелда абула «садгъубери» абун. Музеялъул хӏалтӏухъан Патӏимат Назариковалъул рагӏабазда рекъон, гьеб тӏагӏел, цӏаргун цадахъ, бежтӏадерихъе щун буго Гуржиялдаса.\nАдабияталъул бокӏон. Хӏамзатил Расул жиндирго къункърабигун. Гьебги, гьабун буго ханил гӏабулалъул. Гьединал хӏикматал асарал жеги гӏемер руго музеялда. Музеялъе мина кьун буго дагьаб цебе. Гьеб жеги тӏубан къачӏан бахъунги гьечӏо. Ниж музеялде щвараб мехалда, гьелъул заведующий Рамазан ватана азбаралда – кодоб гӏащтӏигун, цӏул къотӏун, гьеб рекъезабулев. Хасалоялде цӏул лъезе бакӏ хӏадурулев вугин абуна гьес.\n— Музеялъе кьун буго кӏитӏалаяб минаялъуб кӏиго рукъ. Гьенир лъезе экспонатал гӏемер руго, бакӏ гӏолеб гьечӏелъул, гӏемерисел руго дирго рокъор. Экспонатал цӏунизе, хӏажалъула хасал шартӏал, рекъараб букӏине ккола температура. Гьелъие ресал жеги гьечӏо, шартӏалги тӏуранго чӏезарун бажаруларо. Ханил гӏабулалъулги, хӏатӏулги, цогидал тӏабигӏиял материалазулги гьарурал экспонаталги руго. Гьаниб музеялда бан буго, масала, цӏалдохъанас гӏабулалъул гьабураб Хъахӏабросулъа Махӏмудил сурат. Дицаго гьарурал руго гӏемерал экспонатал. Гӏадамаз хӏатӏикь мерхьунеб ва рощнолъе рехолеб жоялъул сураталги нижер халкъалъе хасиятал алат-тӏагӏелалги гьарула дица. Куйдузул лълъаразул, ганчӏазул, цӏулал ва цогидабги, — ян бицана Рамазаница.\nГьесул кабинеталда буго ханил гӏабулалъул гьабураб телевизоралъул кӏудияб экраналда бахъараб Расул Хӏамзатовасул сурат. Гьеб Цӏада росдал музеялъе кьезе бугин абуна Рамазаница. Чанги росабазул музеязеги сайгъат гьарун руго гьес жинцаго рахъарал сураталги гьарурал тӏагӏелалги. Нухмалъи гьабизе пагьму-гьунар бугев Рамазан Шейхов вати кӏудияб талихӏ буго бежтӏадерилин абураб пикругун рахъана ниж музеялдаса къватӏире.\nЗубейрат ИБРАГЬИМОВА"}
{"slug": "12861-gurzhiyal-an-bukiana-betierbakh-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12861-gurzhiyal-an-bukiana-betierbakh-i", "title": "Гуржиялъан букӏана бетӏербахъи", "date": "2021-07-02 07:13:13", "categories": ["rel"], "text": "Бежтӏаса Кахетиялъул Къварели районалъул Ахалсопели абураб росулъе щвезегӏан буго 54 километр. Мадугьалихъ рукӏиналъ чӏахӏияб гӏелалда лъикӏ лъалаан гуржи мацӏ. Щибаб хъизама-лъул рукӏана гьалбал-гуржиял. Цоцазухъеги гӏемер щолаан.\nЭБЕЛАЛЪ БИЦУНААН…\nДир эбел, Марзият Маламухӏамадова гьаюна 1928 соналда. Гьелъ гӏезабуна ичӏго лъимер. Гьелъ бицунаан: «Гӏолохъанаб заманалда – росасе иналде кӏиго ва ригьнада йикӏаго щуго соналъ – дица гӏумру гьабуна Къварелиялда. Нижер букӏана захӏматаб гӏумру. Росулъ бугеб ракьул бутӏаялда гӏезабураб ролъги цогидал нигӏматалги гӏолароан бетӏербахъиялъе, хъизам хьихьизе. Гьединлъидал гӏемерисел бежтӏадерица хасел тӏамулаан Гуржиялда ва ихдал тӏад руссунаан росулъе», — ян.\nЭбелалъ бицунаан гуржияз жидее кинабгӏаги къварилъи гьабулароанин абун. «Цо-цоккун яги цо чангоял цадахъги ракӏарун, нижер руччаби унаан гуржиязул рохьоса бакъвараб цӏул бакӏаризе. Цӏулал магьалги раччун, хьвадулаан росабалъе – гӏадамазе гьеб бичизе яги цӏоросаролъул ханждахъ хисизе. Цо магь цӏулал хисулаан ханждал цӏураб цо щурмихъ. Анкьго сон баралдаса нахъе раччана дица цӏулал магьал. Киданиги нижеда хъачӏго кӏалъалароан гуржиял, разиго къабул гьарулаан.\nНиж рукӏана гьезие учузго чӏолел хӏалтӏухъабилъун. Ниж хӏалтӏулаан хурир-ахикь, хьихьулаан гьезул боцӏи, ай гьабулаан гьез малъараб хӏалтӏи. Радал киналго ракӏарулаан цо бакӏалда. Гьенире рачӏунаан гуржиял ва жидерго рукъалъул хӏалтӏи гьабизе хӏажатал гӏадамал рачунаан цадахъ. Гьелдасаги рохун рукӏунаан ниж. Гӏицӏго кванихъ ва ратӏлихъ хӏалтӏараб мехги букӏунаан. Гӏемерал соназ гьединаб гӏумру букӏана нижер. Амма абизе ккола: гьебги букӏинчӏебани, ракъун хвелаан нижер гӏадамал», — ан бицунаан эбелалъ.\nГьедин ругьунаб къагӏидаялда унеб букӏана гӏумру. Амма 1953 соналъул февралалда Къварели районалда рукӏарал киналго магӏарулал ракӏарана цо бакӏалде ва лъазабуна, кӏиго къоялда жаниб гуржиязул ракь тезе кколин абун. Бежтӏал рещтӏарал гуржиязухъе хьвадизе байбихьана милициялъул хӏалтӏухъаби. Гьез минаялъул бетӏергьабазухъа босулеб букӏана, гьалбал нахъе ритӏеян жидеда лъазабунин абураб кагъат.\nХасало мугӏрулги рахун, росулъе тӏад руссине бигьаяб иш букӏинчӏо. Бащдаб къоялъул нух бахине хӏажалъана лъабго къо.\nЭбелалъ бицунаан: «Тӏоцебесеб къоялъ лъелго рилълъун, ниж щвана Цацхена абураб росулъе. Гьеб буго Кӏудияб Кавказалъул габурлъиялъул ахада бугеб гуржиязул росу. Росдада гӏагарлъухъ букӏана рохь. Нижеца гьениб сордо бана. Гьениб бакӏарун букӏана магӏарухъе тӏад руссунел бежтӏадерил 120 хъизам (350-370 чи). Кӏиабилеб къоялъул радалалде хун ятана нижер мадугьал Сутӏаев Гӏумарил лъагӏел балей яс Шамсият. Юкъана гьенийго гьейги, рахъана сапаралъ. Бурсахъ рохьосан эхедерегӏелалъ лъелго рахине цӏакъ захӏмат букӏана. Рохьалъ ниж цӏунулел рукӏана гӏаздал гӏансиялдаса. Роол заманалда лъелго хьвадулеб нух бацизабун букӏана гӏаздаца. Эхедегӏан рахиндал, батана метргӏанасеб бицалъиялъул гӏазу. Щуго сон барав Мухӏамад (статьяялъул автор) вукӏана, эхе бохдулги риччан, инсул горбода рекӏун. Дица баччун букӏана лъабго моцӏ барай яс Патӏимат ющараб хьухьараб кини. Нижеда хаду-хадуй ячӏуней йикӏана Гӏабдулгӏазизил лъади Сулейманова Патӏимат», — ан.\nДида лъикӏ ракӏалда буго гьеб сапар. Инсуца ваччун вугев дун зигардулаан квачалев вугин абун. Гьеб рагӏун батила Патӏиматида, щайгурелъул кӏудияв гӏун хадубги росулъ дандчӏвараб мехалда гьелъ дида кидаго гьикъулаан, жеги хинлъичӏищ мун, гьитӏинав Малаян абун.\nСапарчагӏаз кӏиабилеб сордо бана Мухова бизокьа абулеб бакӏалда. Гьебги буго рохьалда аскӏоб. Бакана ункъо бакӏалда кӏудияб цӏа. Кахетиялдаса Бежтӏехун пулеб букӏана цӏорораб гьури. Гӏемер квачаялъ, лъиданиги кӏолеб букӏинчӏо кьижизе. Рогьинегӏан киналго ракӏарун рукӏана цӏаязда сверухъ.\nЛъабабилеб къоялда щвана росулъе. Гьеб сапаралдаса хадуб гӏемерисел унтана. Нижер хъизамги тӏокӏалъ Гуржиялъе инчӏо. Нижедаса хадуб росулъе тӏад буссана бежтӏадерил цоги къокъа. Хутӏарал Гуржиялъе нахъе ритӏана поездалда.\nГӏИЛЛА БИЧӏЧӏУЛЕБ БУКӏИНЧӏО\nДоб заманалъул лъугьа-бахъинал ракӏалде щвезарулел руго росдал больницаялда гӏемерал соназ хирурглъун хӏалтӏарав Сулейман Къебедмухӏамадовас: «Дунги дир эбел-инсуда цадахъ гӏумру гьабун вукӏана Къварелиялда. Эмен хӏалтӏулев вукӏана чогърол заводалда – чагъирги чӏачӏаги бахъулеб цехалда технологлъун. Я рокъор, я хӏалтӏуда эбел-инсуе кинабгӏаги къварилъи букӏинчӏо. Тохлъукьего нижеда лъазабуна Гуржиялъа нахъе ине кколин абун. Нижер хъизам, машинаялдаги рекӏинабун, щвезабуна маххул нухлул станциялде. Гьенир Гуржиялъул хӏакимзабаз данде гьарун ратана гӏемерал бежтӏал. Киналго рахинаруна поездалде ва щвезаруна Бакуялдасан Махӏачхъалаялде. Махӏачхъалаялъул вокзалалда хӏадурун ратана юк баччулел машинаби. Гьенив дун тӏоцебесеб нухалда вилана: ралъад бихьарав дун, эбелинсуда щибниги абичӏого, векерана ралъдал рагӏалде. Гьелъухъ балагьун, бер гӏорцӏуларого вугев дун, валагьулев вукӏун вуго эбел-инсуца. Ахирги ватана дун гьезда. Гьанже киналго капучиял рахинаруна машинабазде. Кьерги гьабун, анцӏ-анцӏ машинаялдеги рахинарун, ниж щвезаруна Анцухъе. Гьениса Бежтӏе букӏинчӏо машинадул нух. Гьединлъидал ниж лъелго ине ккана гӏагарал росабалъе щвезегӏан», — ин.\nЛъелго ва машинабазда раччун, киналго капучиял къватӏире гъуна Гуржиялъа. Доб заманалда нижеда кинго бичӏчӏулеб букӏинчӏо, кинаб гӏилла сабаблъун квачараб хасало нижее гьеб гӏакъуба кьурабали. Хадубккун, архивиял документазулгун лъай-хъвай гьабураб мехалда, баянлъана капучиязул халкъ Кавказалъул кӏудияб политикаялъул къорикье ккун букӏараблъи. Гьелъие гӏайибиявлъунги ватана Багиров – Азербайжаналъул компартиялъул тӏоцевесев секретарь, ВКПбялъул член, Закавказьеялъул фронталъул рагъулаб советалъул член, Иосиф Сталинил хасаб божилъи бугев «Кавказалъул сардар».\nГьеб божилъиялдаса пайдаги босун, Багировас цӏакъ хӏаракат гьабулеб букӏана Азербайжаналда гьоркьобе Дагъистан ккезабизе. Гьелъул хӏакъалъулъ бицина хадусел номеразда.\nМухӏамад МУХӏАМАДОВ, краевед, Херазул советалъул председатель"}
{"slug": "12862-umumuzukh-a-irsal-e-shchvarab-makhshchel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12862-umumuzukh-a-irsal-e-shchvarab-makhshchel", "title": "Умумузухъа ирсалъе щвараб махщел", "date": "2021-07-02 07:19:10", "categories": ["rel"], "text": "Бицине мустахӏикъаб буго бежтӏадерил хьухьариялъул ва рукъариялъул махщалил хӏакъалъулъ. Маданияталъул идараялда (Центр традиционной культуры народов России) гӏуцӏун буго гьелъул бечелъи рагьулеб хасаб рукъ. Битӏахъе пана гьаруна ниж батӏи-батӏиял соназ бежтӏадерил руччабазул кверзукьан арал асарал рихьидал. Жакъа гьеб рукъалъул тӏалаб гьабулеб буго Назипат Гӏабдурашидовалъ. Гьей ккола гӏицӏго бежтӏадерие хасиятаб хьухьариялъул ва рукъариялъул устар. Жиндирго махщалил балъголъабазул хӏакъалъулъ бицунаго, Назипатица нижее рагьана бежтӏадерил цебесеб гӏумру бихьизабулел тарихалъул тӏанчал.\nЦО ХЬИТАЛ ХЬУХЬИНЕ АНЛЪГО МОЦӏ БАЛА\nГьениб щибаб тӏагӏел-алат бугоан кӏудияб захӏмат бихьун гьабураб, чара гьечӏого къавулъ хӏалтӏизабизе хӏажатаб. Щулалъи ва цӏакълъи гуребги, гӏажаибаб, жидерго мугӏрузул, гьенир рижарал тӏугьдузул, гӏедегӏун рачӏунел лъаразул гугьарги лъун бугоан гьез щибаб тӏагӏел-алаталъулъ. Республикаялъулал выставкабаздаги конкурсаздаги гӏахьаллъула бежтӏадерил халкъияб махщалил тӏагӏелалгун Назипат.\nТӏолабго магӏарул халкъалъго гӏадин, бежтӏасезги гӏасрабаз аслияб къагӏидаялъ гӏи-боцӏудалъун, хур-хералдалъун магӏишат гьабулаан. Рукӏа-рахъиналъулъги хӏалтӏулъги санагӏатаб, хасало квачцӏороялдасаги, риидал гьури-бакъалдасаги цӏунулеб ретӏел-хьит букӏун буго гьезул.\nБежтӏадерил хьитазул ва щватабазул буго чанго батӏияб тайпа. Гьаькӏаь абулел хьитал хьухьине бащдаб лъагӏелниги балин бицана Назипатица. Къо бихьун гьарурал гьединал хьиталги бокьаразе ретӏине щолел жал рукӏинчӏо. Росасе унел ясазе, бахӏаразе кьолаан гьел аслияб къагӏидаялда. Жакъа къоялдаги гьел ричун росизе ккани 15 азарго гъурщидаса учуз рукӏунаро. Бихьиназулги руго гьаькӏаь хьитал. Гьелги дагьал батӏиял, расеназ гӏемер къачӏачӏел рукӏуна. Гьел хьухьунеб къагӏидаги бихьизабуна Назипатица нижеда. Гьаькӏаь хьитал хьухьине бажарулел руччаби Бежтӏа гӏемер хутӏун гьечӏин бицунаго, гьелъ ракӏалде щвезабуна умумузул цебесеб яшав:\n«Бежтӏадерил руччаби хьухьарулаан къаси сордо бащалъизегӏанги, радал хъахӏлъи рехилалде хурире ва кулабазде унаан. Я хасало, я риидал хӏалтӏичӏого гӏадада заман биччалароан. Ясал рукъалде руссиналде яги гьез лъимал гьарилелде кӏудиял улбуз гьезие хьухьун ва рукъун гьарулаан таргьаби, кинидал къайи, щватаби ва цоги хӏажатабщинаб. Бахӏаралъе якьадалъ сайгъат гьабулаан гӏомоги хьухьариялъул цогидаб алатги жаниб лъун берцин гьабун къачӏараб таргьа. Ячун кӏиабилеб къоялъ бахӏаралъ хьухьаризе ва юкъаризе бугеб махщел бихьизабизе кколаан. Гӏолохъанаб рицӏцӏигъотӏол гӏаркьалабазул хьухьун гьабулаан гӏисинал лъималазе кини. Магъилъе, колотӏе унелъул ва хӏалтӏи гьабулелъул лъимер жаниб лъун рачлил къвалги бан баччизе бигьаяб кини букӏана гьеб. Лъабго моцӏ базегӏан гьениб жаниб хӏебтӏулаан лъимер. Лъимада гӏетӏ баларедухъ ва гьелъул чорхое рахӏат букӏинедухъ кинида жаниб лъолаан хӏотол гьабураб гьитӏинаб ургу. Къаданиб лъолаан анлъго гъаталъул буртинаялъул гьабураб къандалъо. Тӏадги балаан жаниб буртинаги лъун тӏаса хӏеренаб ххам ккураб юргъан. Буртина белъине релъеналги жидецаго гьарулаан яги Гуржиялъа росулаан. Жаниб лъураб лъимер бортиларедухъ щулаго бухьун букӏунаан хьвацӏил чӏалаз».\nХӏАЛТӏУЛЪ САНАГӏАТАБ БУКӏАНА РЕТӏЕЛ\nНижер бер тӏаде цӏана руччабазул гурдиде ва гӏарцуца берцин къачӏараб цебебухьгун рачлиде. Гурдида тӏаса ретӏунеб цебебухьги берцинлъиялъе гурин букӏарабин бицана Назипатица. Цебебухьалъул аслияб масъала букӏанила – гьелдалъун чӏужугӏаданалъул лугби бихьиназул бердаса рахчи. Гьуриквачалдаса цӏуниялъе сабаблъунги букӏунаанила гьеб ратӏлил къагӏида. Цебебухьги бачӏого цогӏаги чӏужугӏадан яхъунароанила рокъоса къватӏие.\nТӏаса къараб 3,5-4 метр халалъи бугеб рачелалъулги хасаб масъала букӏанин бицана Назипатица: «Гьеб рачелалъ каранда яги мугъалда рущунаан лъималги, гьеб хӏалтӏизабулаан чвантил бакӏалдаги. Хьухьарулеб къайиги букӏунаан гьениб жаниб лъун. Хурий яги цогидаб бакӏалда хӏалтӏулаго, гьелъ чехьмугъги къалаан, унтиларедухъ.\nБихьиназулги букӏунаан къвалалги къваридаб, тӏолалго магӏарулазе хасиятаб хъабарча (тӏимугъ). Къвалал аслияб къагӏидаялда хӏалтӏизарулаан чвантил бакӏалда.\nЦогидаб миллияб ратӏлида гъорлъ бан бугоан 100 сон бараб, сугъуралъул гьабураб руччабазул гурдеги. Цебе заманалъ гьединал рукӏунаан бежтӏадерил ресукъал руччабазул гурдал. Бахӏаралъе гьарулаан кьеркьер батӏиял, гӏарцуца къачӏарал гурдал. Гьединан къачӏарал гурдал гьаризе кватӏун байбихьана».\nГУРЖИЯЛЪ РУГЬУНЛЪАНА\nРуччабазул гурдазе цӏияб гугьар бачӏинабурав чилъун ккола Назипатил кӏудияв эмен Хӏажимухӏамадов Мухӏамад. Вабаъ унтиялъ эбел-эменги хун, лъимерлъудаго бесдаллъун хутӏана гьев. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего вехьлъи гьабуна. Гьебго заманалда бежтӏадерие хасиятал махщелазеги ругьунлъулев вукӏана. Бищунго ракӏ тӏаде цӏалеблъун букӏана квералъ цӏулал тӏагӏелал хӏадури. Гьес гьабураб кванил нигӏматазе хӏалтӏизабулеб тӏагӏел букӏунаан гӏажаибго мухӏканаб, цогидаздаса батӏабахъизе лъалеб.\nГӏолохъанаб гӏужалда, цогидал кьерилалго гӏадин, Мухӏамадги Гуржиялъе хӏалтӏизе ана. Цо нухалда, хӏалтӏудаса свакан сордо балеб бакӏалде унаго, гьесда цоязул гордухъан рихьана рукъарулел гӏадамал. Рукъарулел машинабазда нахъаги кӏусун, ретӏел букъулел гӏадамазухъги валагьун, гьев паналъун хутӏана. Гьаб махщел дицаги лъазабизе ккелин абун ракӏалде ккана Мухӏамадида. Хӏалтӏудаса регӏанщинахъе щолаан гьев рукъарухъабазда аскӏове.\nАхирги гьес гьезда гьарана лъутӏулеб къагӏида, куц (выкройка) жиндие кьеян. Кватӏичӏого гьес, букъарулеб машинаги босун, жинцаго букъана ретӏел. Бичун ретӏел босизе я тукен гуреб, я базар гуреб заманалда гьеб букӏана цӏакъ хӏажатаб махщел. Гьес Гуржиялъа бачӏараб печьги бихьун, росуцоязги гьелдаса пайда босизе байбихьана.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьидал, Хӏажимухӏамадовги, цогидалго гӏадин, рагъде ахӏун вукӏана. Гьев вукъарухъан вукӏин лъайдал, военкоматалъ рагъде витӏичӏо, тылалда гьев цӏикӏкӏун хӏажат вугинги абун.\nМухӏамадица бежтӏадерил руччабазул гурдал жеги мухӏканго къачӏана, батӏи-батӏияб тайпаялъул тӏадеги ургъана. Жиндирго ясаздаги малъана гьес рукъаризе. Мухӏамадил яс Рабигӏат лъикӏай юкъарухъанлъун яхъана. Гьелъ цӏиял расенал ургъулаан, бахӏаразе ва хьухьарухъабазе кьер-кьер батӏиял сумкаби рукъулаан. Рабигӏатил кӏудияй яс Назипат Гӏабдурашидовалъ босана кӏудияв инсуца ирсалъе тараб махщелги. Лъутӏариялъул ва рукъарилъул курсаздаги цӏалун, жиндирго махщелги камил гьабуна гьелъ. Рабигӏатилги Назипатилги хӏалтӏаби ритӏула республикаялъулал выставкабазде, конкурсазде. Гьез гьабураб къайи буго Санкт-Петербургалъул пачалихъияб Эрмитажалъул изобразительнияб ва декоративиябгун прикладнияб музеялдаги.\nС. МУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "12863-koronavirusal-ul-khasiyat-khisun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12863-koronavirusal-ul-khasiyat-khisun-bugo", "title": "Коронавирусалъул хасият хисун буго", "date": "2021-07-02 07:33:39", "categories": ["med"], "text": "Тӏолабго улкаялдаго гӏадин, Бежтӏа участокалдаги цӏикӏкӏунеб буго коронавирусалъ унтаразул къадар. Жакъа гьеб унтуде данде чӏезе гӏураб къуват ва гьелдаса цӏуниялъе хӏажатабщинаб бугищали лъазабизелъун ниж щвана Бежтӏа участокалъулаб больницаялде. Рехсараб участокалда бугеб ахӏвал-хӏал рагьизелъун дандчӏвана ЦРБялъул эпидемиолог-инфекционист Садула Сомоевгун.\nБаян\nДРялъул медицинаялъул мустахӏикъав тохтур Садула Сомоевасухъе рахунел гӏузраби сах гьаризе гурелги, унтарал лъимал рачунги хьвадула бежтӏасел.\nПедиатрия ккола гьесул кӏиабилеб махщел.\nИнфекционистасул тӏоцебесеб хӏалбихьи гьесие щвана студентлъун вугеб заманалда, республикаялъул инфекциязулаб больницаялда хӏалтӏулаго.\nДагъистаналъул мединститут лъугӏидал, Казаналда ункъо моцӏалъ цӏалана гьев. Цинги щуго соналъ хӏалтӏана Набережные Челны шагьаралъул инфекциязулаб больницаялда.\n1989 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго гӏагараб росдал больницаялда.\nКӏАЛБИЧЧАРАЛДАСА НАХЪЕ ЦӏИКӏКӏАНА\n— Садула, ахираб заманалда унтаразул къадар цӏикӏкӏиналъе гӏилла щиб?\n— Коронавирусалъ унтаразул къадар кӏалбиччанкъоялдаса хадуб цӏикӏкӏине байбихьана. Гьелъие гӏиллаги буго шагьараздаса гӏемерал гӏадамал гӏагарлъиялъухъе щвезе росулъе рачӏин.\nЖакъа инфекциялъулаб отделениялда 17 унтарав руго. Анализазул хӏасилалда, гьезда гьоркьоса микьгоязул коронавирус унти букӏин чӏезабуна. Киназулго пневмонияги буго, гӏезегӏан захӏматгоги руго. Анализ гьабун хадуб коронавирус унти букӏин тӏатарал амбулаториял унтаралги цӏикӏкӏунел руго. Гьел халгьабияздаса хадуб, жакъа къоялде 28 чиясул коронавирус унти батана.\n— Гъоркьиса коронавирусалде данде къеркьезе щиб хӏадурлъи нужер букӏараб?\n— Дунялалдаго унти тӏибитӏулеб бугин рагӏаралдаса нахъе дица инфекциялъулаб отделение цебеккунго хӏадур гьабун букӏана унтарал къабул гьаризе. Терапиялъул ва лъималазул отделениялги коронавирусалъ унтарал сах гьариялъе хӏадурун букӏана. Участокалда цогӏаги унтарав чи вукӏинчӏониги, ниж гьелдаса рорчӏулареблъиги лъан, хӏадурго чӏана. Пандемиялъул байбихьудаго нижер рес букӏана 26 унтарав вегизавизе.\n— Больницаялда гӏураб къадаралда дару, кислород гьечӏолъиялъул, яги жиндир заманалда кумек щвечӏого хутӏиялъул хӏужжаби рукӏанищ?\n— Байбихьуда захӏматго букӏана. Кислородалъул концентраторал (кислород бацӏцӏад гьабулеб аппарат) рукӏинчӏо, баллонал, подушкаби гӏолел рукӏинчӏо. Кислород лъугӏанщинахъе машина битӏулаан Махӏачхъалаялде баллонал цӏезе. Кин букӏаниги, ниж гьелдаса рорчӏана.\nГӏемерисеб мехалда нижерго росуцояз росулаан хӏажатал антисептикалги, маскабиги ва медицинаялъул хӏалтӏухъабазе хӏажатабщинабги. Германиялда, Франциялда гӏумру гьабун ругел росуцоязцин кумек гьабуна. Цоги аппарат щвана нижерго ракьцояв, эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Мухӏамад Къурбангӏалиевасул кумекалдалъун.\n— Гьабсагӏаталда коронавирусалдаса сах гьариялъе больницаялда камураб жо бугищ?\n— Хӏажатабщинаб чӏезабун буго, амма больницаялда гӏураб къадаралда концентраторал гьечӏо. Унтаразул къадарги цӏикӏкӏунеб бугелъул, жеги чанго аппарат щвани лъикӏ букӏинаан.\n— Гъоркьиса букӏаралде дандеккун, цӏуна-къай гьабиялъул рахъалъ исана гӏадамазул бичӏчӏи хисун бугищ?\n— Гъоркьиса гӏадамал квешго унтиялъе ва тахшагьаралде рачине ккеялъе гӏилла букӏана унтарал жиндир заманалда тохтурасухъе рачӏинчӏолъи. Нижер больницаялда ковидалъ унтарав цогӏаги чи хвечӏо, тахшагьаралде захӏматго лъугьун ритӏарал гурони. Коронавирусалдасаги сахлъун, нахъе йиччазе хӏадурулей йикӏарай цо гӏадан хвана. Гӏадалнахулъе би тӏинкӏун, инсульт ккана гьелъул. Цебеялде дандеккун, исана унтул хасият хисун буго. Гьанже гьеб унти захӏматго унебги буго. Церего унтун рукӏарал ва антителаби ругел сах гьаризе бигьалъула.\n— Унтарал цӏикӏкӏиналъ Дагъистаналъул цо-цо районазда карантин лъун буго. Нужер гьаниб гьединаб хӏинкъи бугищ?\n— Кинабгӏаги бакӏалда карантин лъезе ккани, гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазда гьоркьоб унтаразул къадар 20 проценталде бахине ккола. Бежтӏа участокалда гӏумру гьабун вуго 8066 чи. Гьединлъидал карантин лъезе ккараб хӏал гьечӏо.\n— Гъоркьиса нужер больницаялъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунеб букӏана. Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдасан яги районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагътал, шапакъатал щванищ нужер хӏалтӏухъабазе?\n— Нижер хӏалтӏи, цогидалго больницабаздаго гӏадаб, хӏалуцараб букӏана. Амма шапакъатал кьолелъул, щаялиго, ниж гьоркьор тана.\nВАКЦИНАЯЛЪ ЦӏУНИЛА\n— Гъоркьисаго гӏадинаб захӏматаб хӏалалде ккеларедухъ, халкъалъе кинал малъа-хъваял дуца гьарилел?\n— Гьоркьоса къотӏичӏого халкъалъулгун бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабула. Гьанжелъизегӏанги коронавирусалъ унтарав цо-цо, кӏи-кӏи чи вегун вукӏунаан инфекциялъулаб отделениялда. Унтаразул къадар дагьлъаниги, маскаби, квердахелал ретӏеян, гӏемерал гӏадамал данделъарал бакӏазде унгеян лъазабула. Нижер участокалъул киналго гӏадамаздехун цоги нухалда гьари буго вакцинация гьабеян. Гьелдалъун гурони коронавирусалдаса цӏуни гьечӏо.\n— Коронавирусалде данде прививка гьабуралги унтулел ругин аби уяб жо бугищ?\n— Прививка гьабуралдаса нахъе инсанасул чорхолъ антителаби лъугьунел рукӏуна. Кӏиго моцӏидасан гурони коронавирусалда данде чӏолел клеткаби лъугьунаро. Гьеб заманалда жаниб инсан коронавирусалдаса цӏунаравлъунги вукӏунаро. Бокьараб мехалда унтизе бегьула гьев. Гьесул чорхолъ жеги коронавирусалде данде чӏолел клеткаби гьечӏелъул, прививка гьабичӏев чи кинигин гьевги унтизе рес буго.\n— Вакцина гьабурав чиясдаса сверухъ ругезе хӏинкъи букӏунищ?\n— Прививка гьабураб къоялъго гьесул чорхолъ бахчараб унти букӏун батани, гьеб мехалда гьесдаса унти бахинеги бегьула. Гьединлъидал прививка гьабилалде цебе гьесул хал гьабизе ккола. Мазок босун, ПЦРдиагностика, тест гьабун унти бугищали тӏатинабизе ккола.\n— Коронавирусалъул вакцинаялдаса хадуб лъимер щоларин абулелги руго…\n— Гьеб буго гьадингояб хабар. Нилъер пачалихъалъе халкъ тӏагӏинабизе бокьун бугиландай гьединазда ракӏалде кколеб? Гьелъул гӏаксалда, халкъалъул къадар цӏикӏкӏинабизе гӏоло пачалихъалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго.\n— Нужер участокалда чан чиясе гьабураб прививка?\n— Больницаялъул киналго хӏалтӏухъабаз гьабуна вакцина. Нижехъе бачӏун букӏана 750 вакцина. Жакъа къоялде 700-гӏанасев чиясе гьабуна гьеб.\nУнтаразул къадар цӏикӏкӏине байбихьидал, вакцина гьабизе бокьаразул къадарги цӏикӏкӏана.\nМасала, гьале жакъа гьаниве прививка гьабизе вачӏун вуго коронавирус багъарараб Нахӏада росулъа чи. Москваялдаса хӏалтӏун тӏадруссун рачӏарал гӏагарлъиялъул гӏадамаздаса бахун, тӏибитӏун буго гьезул росулъ унти. Циндаго цо хъизамалдаса микьго чи унтана гьенив. Гьезул гӏагарлъиялъул гӏадамал жеги унтулелги руго. Гьединлъидал Нахӏада росулъ прививка гьабизе бокьарал гӏемер руго.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "12918-bachiin-garzayab-bukiina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12918-bachiin-garzayab-bukiina", "title": "Бачӏин гьарзаяб букӏина", "date": "2021-07-08 12:35:56", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Хӏалуцараб хӏал буго гьал къоязда Хасавюрт районалъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул. Рогьалилъго рагӏула хурзабахъ хӏалтӏулел комбайназул ва тракторазул хъуди. Исанаги бечедаб бачӏин картошкадул букӏиналде хьул буго Хӏасан Мухӏамадовасул рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишаталъул.\n— Кватӏун кканиги лъикӏаб даражаялда тӏоритӏана ихдалил хӏалтӏаби. Цудунго барщулеб ва бакӏаризе бегьулеб «Коломбо», «Аризона» ва «Ривьера» сортаз кьуна бечедаб бачӏин. Щибаб гектаралдаса щвана 250 центнер картошкадул. Гьал сортаз бечедаб бачӏин кьей гуребги ракъдаллъиги хӏехьола, унтабиги рахунаро, — ян бицана Хӏ. Мухӏамадовас.\nДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповасги лъикӏаб къимат кьуна Хӏ. Мухӏамадовасул магӏишаталъе ва министерствоялъул рахъалдасан кӏвараб кумек гьабизе бугинги абуна.\nШ. Шарипов щвана Кировасул цӏаралда бугеб хӏалбихьиялъулгун производствияб магӏишаталдеги. Гьалъул бетӏерав инженер Мовлетхан Саиповас бицухъе, 2400 гектаралдаса бачӏин бакӏаризе буго ОПХялъул хурухъабаз.\n— 16985 гектаралдаса бакӏаризе ккола исана Хасавюрт районалъул магӏишатаз ролъ ва пурчӏина, — ян бицана росдал магӏишаталъул райуправлениялъул нухмалъулев Идрис Загъаловас. — Араб соналде дандеккун 1185 гектаралъ цӏикӏкӏинарун руго исана хаслихъе рекьарал тӏоролал культураби гӏезарурал ракьал. Исана 11000 гектаралдаса ролъ ва 5985 гектаралдаса пурчӏина бакӏаризе буго Хасавюрт районалъул хурухъабаз. Жакъа районалъул магӏишатазда хӏалтӏулеб буго 60 комбайн. Щибаб гектаралдаса 26 центнер ролъул ва пурчӏинадул бакӏарулеб буго механизатораз.\nГирай ХӏАЙДАРОВ"}
{"slug": "12919-rajonal-ul-betierase-irgadulab-medal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12919-rajonal-ul-betierase-irgadulab-medal", "title": "РАЙОНАЛЪУЛ БЕТӏЕРАСЕ — ИРГАДУЛАБ МЕДАЛЬ", "date": "2021-07-08 12:37:19", "categories": ["shapak-atal"], "text": "Хасавюрт районалъул бетӏерлъун хӏалтӏулелдаса Жамбулат Салавовасул буго 13 сон.\nГъизилюрт шагьаралда бугеб «Промнеруд» гӏуцӏиялда автослесарьлъун хӏалтӏиялдаса байбихьана гьес захӏматалъулаб нух. Россиялъул армиялда тӏадаб налъи тӏубан хадув цӏалана Москваялъул пачалихъияб юридикияб академиялда, Россиялъул президентасда цебе гӏуцӏараб пачалихъияб хъулухъалъул академиялда, Москваялда бугеб автомобилазулгун нухазул пачалихъияб техникияб университеталда.\nХӏалтӏулъ рихьизарурал лъикӏал хӏасилазе гӏоло Хасавюрт районалъул бетӏер мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьезда гьоркьор руго ДРялъул бетӏерас гъулбасараб Хӏурматалъул грамота, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателас кьураб Хӏурматалъул грамота, ДРялъул хӏукуматалъул рахъалдаса щвараб Хӏурматалъул грамота, Чачан Республикаялъул бетӏерас кьураб баркалаялъул кагъат.\nДагьаб цебе гьесие иргадулаб ва мустахӏикъаб шапакъат кьезе Махӏачхъалаялдаса вачӏун вукӏана «Интербригада» гӏуцӏиялъул командующиясул гӏакълучи Мухӏамад Мусаев.\nГьес Салавовасул каранда бана «Патриотизмалъе гӏоло» медаль ва абуна, гьаб бугин гӏицӏго Ватӏан бокьулезе ва гьеб ясбер гӏадин цӏунулезе гуребги, гӏун бачӏунеб гӏел куцаялъулъ гьабураб хӏалтӏуе гӏологи кьолеб шапакъатилан."}
{"slug": "12920-riidalil-khiukhbakh-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12920-riidalil-khiukhbakh-i", "title": "РИИДАЛИЛ ХӏУХЬБАХЪИ", "date": "2021-07-08 12:39:06", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Исана лагеразул кӏиабилеб сменаялда хӏухьбахъи гьабизе буго 7700-ялдаса цӏикӏкӏун лъимералъ. Гьабсагӏаталда республикаялда хӏалтӏулеб буго 66 лагерь.\nГьенир гӏуцӏулел руго батӏи-батӏиял профилазул сменаби.\nМасала, «Надежда» абураб сахлъи цӏуниялъул лагералда лъимал куцалел руго командаялда гъорлъ цо тӏадкъай тӏубазабиялъул мурадалда цадахъ рекъон хӏалтӏизе.\nРагъулаб ишалде ругьун гьаризе руго «Юнармиялъул» сменаялда ругел лъимал. Буйнакск районалда бугеб «Планета» лагералда вуго кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏолилав. Гьезда малъизе буго парашюталъул спорт. Лъикӏаб хӏасил ккарал цӏалдохъабазе рес щвезе буго сменаялъул ахиралда парашюталъ кӏанцӏизеги. Нухазда низам цӏуниялде кӏвар кьолеб буго гьебго районалда бугеб «Орленок» лагералда. Гьезда малъула нухазда низам цӏуниялъул правилаби.\nГьединалго тадбирал тӏоритӏулел руго Гъизляралда, Избербашалда ва цогидалги бакӏазда ругел лагеразда."}
{"slug": "12921-khiasil-l-ikiab-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12921-khiasil-l-ikiab-bugo", "title": "ХӏАСИЛ ЛЪИКӏАБ БУГО", "date": "2021-07-08 12:42:00", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда тӏобитӏулеб буго бищун лъикӏал учительзабазул Тӏолгороссиялъул къецалъул регионалияб бутӏа. Гьелда чӏел босарал педагогазе кьезе буго 200 азарго гъурущ премия. Къецалда гӏахьаллъула байбихьул, аслиял ва гьоркьохъел школазул учительзаби. Гьабсагӏаталда комиссиялде рачӏун руго 32 муниципалитеталъул 116 педагогасул документал. Гьезда гьоркьоса гӏемерисел руго гӏурус мацӏалъулги, байбихьул классазулги, рахьдал мацӏазулги ва историялъулгун обществознаниялъулги учительзаби."}
{"slug": "12922-giajna-khiamzatoval-ul-tiotsebeseb-shapak-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12922-giajna-khiamzatoval-ul-tiotsebeseb-shapak-at", "title": "ГӏАЙНАЪ ХӏАМЗАТОВАЛЪУЛ ТӏОЦЕБЕСЕБ ШАПАКЪАТ", "date": "2021-07-08 12:46:29", "categories": ["shapak-atal"], "text": "«Россиялъул хъахӏал къункъраби» абураб Халкъазда гьоркьосеб проекталъ данде росана «Парад литератур» абураб конкурсалъул хӏасилал.\nГьелъул мурад буго Россиялда гӏумру гьабулел халкъазул миллиял мацӏазулгун литературабазул рахъкквей.\nКонкурсалда бергьарал дагъистаниязе шапакъатал кьезе Махӏачхъалаялде, Театралъул поэзиялде вачӏун вукӏана проекталъул нухмалъулев, поэт Сергей Соколкин.\n«За укрепление межнациональной дружбы и пропаганду непреходящих базовых ценностей народов Российской Федерации» абураб номинациялда «Россиялъул хъахӏал къункърабазул» орден щвана журналист ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу Гӏайнаъ Хӏамзатовалъе.\nЖиндие щвараб тӏоцебесеб шапакъат бугин абуна гьелъ, гьеб орденги къабул гьабулаго.\n«Гьаб шапакъаталъул кӏудияб кӏвар буго дие. Тӏоцебесеб ирга- ялда, гьелъулъ буго Россиялъул гражданазда гьоркьоб рекъел щулалъизабиялъул, улкаялъул регионалги тӏолабго Россияги социалиябгун политикияб рахъалъ церетӏезариялъул магӏна. Ракӏчӏун абизе кӏола, гьеле гьеб кинабго букӏана ва буго дир гӏумруялъул мурадго. Кӏиабизе бугони, нилъеца гьабулеб хӏалтӏуе къимат цогидаз кьолеб мехалда, бокьарав чиясе лъикӏаб асар гьабиларищха. Гьедин къабул гьабуна дицаги гьеб шапакъат», — ан бицана Гӏ. Хӏамзатовалъ.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула Гӏайнаъ Хӏамзатовалда шапакъат. Гьарула хадурккун жеги кӏудиял бергьенлъаби ва гӏумрудулъ икъбал."}
{"slug": "12923-egipetalda-rasulil-sordo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12923-egipetalda-rasulil-sordo", "title": "ЕГИПЕТАЛДА -РАСУЛИЛ СОРДО", "date": "2021-07-08 12:48:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "3 июлалда Египеталъул Александрия шагьаралда тӏобитӏана Расул Хӏамзатовасул творчествоялда ва Дагъистаналъул литератураялда тӏасан литературияб мажлис. Гьениб бицана Россиялъулгун Египеталъул литературиял бухьеназул хӏакъалъулъги.\nМажлисалда гӏахьаллъи гьабуна журналист Мурад Ахӏмадовас ва ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовас.\nСеверияб Кавказалъул халкъазул литератураялда тӏасан гьеб мажлисалда кӏалъана «Кавказалъул гъалбацӏ» абун имам Шамилил хӏакъалъулъ гӏараб мацӏалда тӏехь хъварав Мунир Отейба, гӏелмуялъулгун культураялъул рахъалъ гӏуцӏараб Россиялъулгун Египеталъул фондалъул нухмалъулев Ахӏмад Бахаэддин Шагӏбан, доктор Махӏмуд Аведдин ва цогидалги. Гьениб Расулил кучӏдул цӏалана магӏарул, гӏурус ва гӏараб мацӏазда.\nМухӏамадгун Мурад Ахӏмадовал гӏахьаллъана 52-абилеб нухалда Къагьиралда тӏобитӏулеб бугеб халкъазда гьоркьосеб тӏахьазул выставкаялдаги. Гьел щвана Расулие лъураб бюсталда аскӏореги."}
{"slug": "12924-bukiineselde-gali", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12924-bukiineselde-gali", "title": "Букӏинеселде гали", "date": "2021-07-08 12:53:51", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда «Шаг в будущее» абураб Тӏолгороссиялъул гӏолилазул гӏелмияб форумалда бергьаралгун дандчӏвай тӏобитӏана.\nИсана форумалъул финалалда нилъер республикаялдаса 11 цӏалдохъанас гӏахьаллъи гьабуна. Гьезда гьоркьоса микьгоял бергьана. Кӏигоял призераллъунги рахъана. Щугоязе щвана «Школьник изобретатель» ва «Школьник исследователь» абурал каранда ралел гӏаламатал. Жеги щугоязе — Кӏудияб ва Гьитӏинаб гӏелмиял медалал.\nФорумалда бергьарал цӏалдохъабазул хӏалтӏабазе министр Яхӏя Бучаевас лъикӏаб къимат кьуна. Цӏалдохъабаз гьесда бицана жиде- цаго гӏуцӏарал адабияталъул, физи- каялъул, культураялъул, химиялъул проектазул хӏакъалъулъ.\n«Бокьараб гӏелмияб хӏалтӏул мурадлъун ккола хӏакъикъат цӏехей. Бищун лъикӏаблъун ккола – цӏехрехалъул хӏалтӏулъ жиндирго бакӏ бати. Тӏолабго дунялалъулго цивилизация гьединал цӏех-рехчагӏазда барабги букӏуна», — ян абуна Яхӏя Бучаевас цӏалдохъабазде хитӏаб гьабулаго.\nМинистрас цӏалдохъабазда жинцаго гьарурал гӏелмиял цӏех-рехазул хӏакъалъулъги бицана.\nДандчӏваялъул ахиралда Бучаевас форумалда бергьарал цӏалдохъабазе грамотаби, медалал ва цогидалги шапакъатал кьуна. Гьединго министрас баркала кьуна «Шаг в будущее» форумалъул Дагъистаналъул рахъалдаса делегациялъул председатель Зумрият Самедовалъе."}
{"slug": "12925-vaktsinal-uka-khiink-uleb-zaman-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12925-vaktsinal-uka-khiink-uleb-zaman-ana", "title": "ВАКЦИНАЛЪУКЬА ХӏИНКЪУЛЕБ ЗАМАН АНА", "date": "2021-07-08 12:55:01", "categories": ["vakcina"], "text": "Коронавирусалдаса цӏунизелъун республикаялда цӏидасан гӏорхъичӏваял гьаризе руго.\n6 июлалда республикаялъул нухмалъиялъ тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана пандемия байбихьаралдаса Дагъистаналда хъвай-хъвагӏай гьабунин ковидалъ унтарав 36,8 азарго чиясул.\nДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул пикруялда рекъон, гьанжегӏан гӏемерал гӏадамал хасалогицин унтун рукӏинчӏо. Гьелги, аслияб куцалда, 30-59 сонилъ ругел чагӏи ккола.\nГьединлъидал Павловасда лъикӏаблъун бихьулеб буго цӏакъго гӏемерал чагӏи ракӏарарал тадбирал гьукъизе, рекӏелгъеялъе гӏадамалги лъималги унел централ къазе, 65 соналде рахарал ва гьелдаса тӏаде арал чагӏи хӏалтӏуде риччачӏого, исана 31 июлалде щвезегӏан рокъор чӏезаризе (амма вакцинация гьабурал ва сертификат кодоб бугел чагӏи жалго тезе).\nХӏукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас бицухъе, гьабсагӏаталда республикаялда буго вакцинаялъул 34 азарго доза. Кинабниги бачӏун букӏун буго 190 азарго доза.\nСахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъул рагӏабазда рекъон, жакъа къоялда республикаялъул больницабазда вегун вуго коронавирусалъ унтарав 3,6 азарго чи. 1-6 июлалда хун вуго 99 чи.\n60 проценталъниги вакцина гьабурал районазда гьоркьор руго Кули, Чӏарада районал, Бежтӏа участок, Южно-Сухокумск шагьар. 70 проценталъ гьеб гьабурал бакӏал руго Агул, Гӏахьвахъ, Хьаргаби, Гъуниб, Дахадаев, Лак районал.\nКоронавирус тӏибитӏиялда данде чӏезелъун ва гьелъ лъугьинарурал унтаби сах гьаризелъун гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса биччана 2,6 млрд гъурущ.\nИсана биччалеб буго 260 миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ. Вице-премьер Нюсрет Гӏумаровас бицана гьеб мурадалъе гӏоло гьанже нахъра- талие тезехъин бугин жеги цо миллиардалде гӏагарун гъурущ.\nРеспубликаялда тӏадбан унеб буго вакцина гьабиялъул иш. Узухъда – руго гьелда данде чӏаралги. Гьединлъидал нижеца кьолел руго гьанже гӏагар вакцинаялъул хӏалбихьарал цо-цо чагӏазул пикраби.\nСагӏид Ниналалов, журналист, ДГУялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев:\n— Гъоркьиса пандемия байбихьаралдаса нахъе дун дандчӏвана гӏемерал гӏадамалгун, гӏахьаллъана батӏи-батӏиял тадбиразда, волонтёрлъи гьабун, дараби росун хьвадана больницабазде, садакъаде бакӏарараб квен-тӏех щвезабуна ресукъал гӏадамазухъе. Гьеб мехалда, талихӏалъ, коронавирусалъ унтичӏо я дун яги дир гӏага-божарал.\nАмма гьанже улкаялдаги республикаялдаги лъугьараб ахӏвал-хӏал дие рекӏее гӏолеб гьечӏо. Нагагь Москваялде ва цогидал шагьаразде индал унти бахани, щибдай дица гьабилаян абураб хӏинкъи бижулеб буго. Гьединлъидал ракӏалде ккана вакцина гьабизе. Укол гьабураб бакӏ унтун гурони, тӏокӏаб батӏияб хисабасиги ккечӏо. Вакцина гьабун хадуб хӏалхьиялда лъабго къоялъ рокъор чӏезе кколин абулелъул, кивениги вахъинчӏого чӏела дунги.\nДида цадахъ рукӏарал чангоязе вакцина гьабичӏо: цо гӏаданалда тохтуралъ абуна сунде аллергия бугебали лъазабизе мун больницаялде ине кколин. Гьелдаса хадуб гурони гьабизе лъикӏаб гьечӏин укол. Цогидалъул бидулъ чакар цӏикӏкӏун батана. Гьеб мехалда вакцина гьабизего бегьуларинги абун, гьей гӏаданги нахъе йитӏана. Дир абуни, бидул тӏадецуйги, сатурацияги, цогидабги лъикӏ батана.\nВакцина гьабизе букӏин дида лъана соцсетазда ругел ДГУялъул чатаздасан. Гьенив хӏалтӏулев бокьарав чи вачӏине бегьулин вакцина гьабизеян хъван букӏана гьениб. Гьединлъидал кодоб паспортгун, СНИЛСгун, медицинаялъул страховкагун дунги ана гьениве.\nВакцина гьабизе рачӏаразда гъорлъ рукӏана гӏолохъаналги 65-йилъе рахинчӏел преподавателалги.\nЗайнаб Гӏалимирзаева, Махӏачхъалаялъул мэрасул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей:\n— Дун унтана гъоркьиса сентябралда. Моцӏгӏанасеб мех бана тӏаде яхъине бажаруларого – тӏилица бухараб жо гӏадин букӏана къаркъала.\nХадуб мэриялдаго тӏоцебе вакцина гьабурал чагӏиги ниж ккана — дунги жеги кӏиго ишцоявги. Цохӏо хӏалтӏухъаналъ хутӏизегӏан, жакъа къоялде вакцина гьабун буго нижер киналго хӏалтӏухъабаз. Тохтурас гьукъун буго гьелъие укол гьабизе.\nВакцинаялдаса хадуб дир бетӏер букӏана унтулеб, свакан, бечӏан букӏана къаркъалаги. Цогидаз абуна жидер цӏа-кан бахун букӏанилан. Амма дида дандеккун, гьез бигьаго хӏехьана гьеб. Цӏорораб мех букӏиналъги, хӏалтӏул ишалъ сверизе ккеялъги, дие захӏмалъана.\nДица кӏиабилеб укол гьабулеб мехалда, унтана нижер эбелги. Цееккунги ковидалъ унтун йикӏарай гӏадан йиго гьей.\nКовидалдасагицин хӏинкъи букӏунеб буго гьелдаса хадур загьирлъулел гӏаламатазул. Масала, гьанже сахлъанин ккараб мехалда, байбихьана беразул канлъи загӏиплъизе, чӏван лъураб жо гӏадин букӏана черхги.\nЦоцӏул унтарал чагӏазул антителаби раккулелъул, гьез риччаларин кӏиабизеги унтизеян бицунаан байбихьуда. Амма вакцина гьабилалде, дица гьелъул хӏакъалъулъ гӏемераб литература цӏалана, кӏалъана вирусологалгун, гьединлъидал гьез абуна антителаби анцӏгоялдаса дагьал ратани, гьез нилъ цӏунуларин.\nГьединго вакцина гьабун хадур унтарал чагӏиги лъала дида. Цо рахъалъ, гьезда гъорлъ руго жидеца укол гьабунилан хъварал гьересисертификаталги росун чӏарал чагӏи.\nЖибго вирусги бихьуларищха, хисун буго. Цӏакъго багӏарараб мехалда гьеб холин, тӏагӏунин абулаан. Гьединлъидал гъоркьиса риидал гьадигӏан захӏматаб ахӏвал-хӏал букӏинчӏо республикаялда.\nВакцинаялда тӏасан Инстаграмалдагун Вацапалда хъвалебщинаб хӏапу-чапур бихьидал, дир лъалехъвалез бицунеб рагӏана, бидулъе биччан хадуб кристализацияги лъугьун, чипалде сверулеб рагӏулин гьеб дару. Уйинха, дида аскӏоса-гӏебеде чӏани, вай-фаялъул чӏоралгицин щвезе бегьулин нужее абун, махсара гьабула дицаги.\nГьеле гьединал харбал тӏиритӏизарулел чагӏазул цоялъ хъвалеб буго Фейсбукалда: «Алхӏамдуллилагь, сон берталъ йикӏана дун. Амма дида гьениб кинабгӏаги вирус батичӏо», — ян. Цояс гьелъие гьадин жаваб кьолеб буго: «Дуда гьеб бахӏарасул бакӏалда столалда нахъа гӏодоб чӏун батилиланищ ракӏалде ккун букӏараб?» — ин.\nГьединал тайпаялъул гӏадамал чӏун руго жидеца вакцина я жидеего, яги жидерго лъималазе гьабуларилан. Дица гьезда бичӏчӏизабула лъималазе гьеб гьадинги гьабулеб гьечӏин.\nНаталья Захарова, журналист, жамгӏияй хӏаракатчӏужу:\n— «КовиВак» вакцинаялдехун дир цӏикӏкӏун божилъи бачӏана, щайгурелъул гьеб М. П. Чумаковасул цӏаралда бугеб гӏелмиял цӏех-рехазул централда гьабураб букӏиналъ. Амма дие къваригӏараб мехалда, гьеб гьаниб букӏинчӏо.\nДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдасанги жаваб кьун букӏана дие «КовиВак» республи- каялдаго гьечӏилан. Гӏицӏго гьаб анкьалда интернеталда хъван батана Дагъистаналде вакцинаялъул 30 азарго доза бачӏунеб бугин.\nГьедин, чанго къоялъ цее Махӏачхъалаялъул аслияб майданалде, вакцина гьабулеб пункталде, щвана дун. Кутакалда магӏнаял, щибаб жо мухӏканго бичӏчӏизабулел тохтурзаби ратана гьенир. Гьез цин борцана температура, пульс, дида цебе рагьана дару жаниб лъураб къвачӏа.\nДида цеве 15 чиги ватана иргаялда чӏун. Цереккунги захӏматго унтарал, гьабулеб жоялъул магӏнаги бичӏчӏулел гӏадамал ругоан гьел. Гьез цадахъ рачун рачӏунел ругоан жидерго эбел-эменги, лъудбигун россалги.\nТохтурзабаз щивасда гьикъана нужее кинаб вакцина гьабилебилан. Амма гьелдаса нахъе чанго къо аниги, Госуслугабазул сайталда лъун гьечӏо дие вакцинаялъул тӏоцебесеб компонент гьабунин абураб баян. Дихъ кодоб сертификат бугониги, чара гьечӏого пачалихъалъул порталалдаги букӏине кколеб баян буго гьеб.\nНахъисеб къоялъ цӏа-кан бахун лъугьана. Гьебги лъаларо — вакцинаялъищ яги багӏарун букӏиналъищ бахарабали.\nГьанже кӏиабилеб компоненталъухъ балагьун чӏелаха. «Спутник» букӏарабани, кӏиабизе гьеб лъабго анкьидасан гурони гьабулароан. «КовиВак» гьабула кӏиго анкьидасан.\nХалкъазда гьоркьохъеб даражаялда босани, дунялалда «КовиВак» киндай къабул гьабилебали лъазе бокьилаан дие. Амма нилъер пачалихъалъ цӏикӏкӏун цӏайи «Спутникалдехун» гьабулеб букӏин бихьулеб буго.\nЖибго халкъалъул бербалагьиги хисулеб буго. Тӏадеялдаса тӏаде раккулел штаммалги, дельтабиги, лямбдалги рукӏаго, гӏадамал хӏинкъулел руго вирусалдаса.\nШколалда цӏалулей дирго ясалъеги гьабизе бокьилаан гьеб вакцина. Балугълъуде рахинчӏел лъималазеги гьеб гьабизе хӏалбихьулеб буго Москваялда.\nПалхӏасил, вакциналъукьа хӏинкъулеб заман ана.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "12927-tso-gunaral-ukh-orden-tsogidal-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12927-tso-gunaral-ukh-orden-tsogidal-ukh", "title": "Цо гьунаралъухъ – орден, цогидалъухъ…?", "date": "2021-07-08 13:25:38", "categories": ["insan"], "text": "Цо рагъулъ бихьизабураб кӏиго гьунаралъухъ цо гурони шапакъат кьоларилан, Бихьинчилъиялъул Орденги кьун тун вуго Шамил Таймасханов.\nАмма 1999 соналда гьес хвасар гьавурав 11 рагъухъанас рикӏкӏунеб буго Таймасхановасе Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьезе кколин.\nЦИН – ТӏАНДО, ХАДУБ – ХАРАМИ\nШамил Таймасхановасул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ Болъихъ районалъул бетӏерасул заместитель, хӏалхьиялда вугев МВДялъул подполковник Гӏабдулдибир Гӏабдулдибировас.\n«1999 соналъул 18 августалда Болъихъ РОВДялъул начальник Д. Набиевас буюрухъги кьун, чачаназул гӏорхъода бугеб Гӏанди росулъе разведкаялъ битӏун букӏана СОГалъул къокъа. Гьелда гьоркьов вукӏана гьебго соналъул 12 августалда Тӏандо росдада гӏагарлъухъ бахӏарчилъи бихьизабурав милициялъул сержант Шамил Таймасхановги. Лъукъараб бохгун вагъулев вукӏана гьев.\n2000 соналда рагъулабгун тохтурзабазул комиссиялъ хӏукму гьабуна Таймасханов хъулухъ гьабиялъе ярагьунарилан ва хӏалхьиялде витӏана. Лъабго моцӏ асирлъуда баялъги, сахлъи щулалъизабулаго гӏезегӏан заман госпиталалда иналъги, Шамил, милициялъул 11 хӏалтӏухъан хвасар гьавиялъе къимат кьечӏого хутӏун вуго. Гьелъухъ гьесие кьезе мустахӏикъаб буго Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар».\nСОГалъ кутакаб дандечӏей гьабиялъ квалквал ккана боевикал тӏубанго Болъихъ районалда жанире рачӏиналъе. Кӏиябго рахъалда гьоркьоб ккараб рагъулъ СОГалъул къокъа тӏагӏинабиялдаги хӏинкъи букӏана.\nШ. Таймасхановасул таваккалги лебаллъиги сабаблъун цӏунун хутӏана СОГалъул цо течӏого рагъухъан. Кумек тӏаде щвезегӏан, гьел цо рахъалдехун лъутун рорчӏизегӏан, боевиказде кьвагьдана Таймасханов. Гьеб бакӏалда захӏматго лъукъиялъ лъавудаса арав гьев боевиказ асир гьавула.\nЛъабго моцӏидасан Таймасханов эркен гьавуна – гьев хисана федералаз ккурав цо боевикасухъ.\nЧачаназул гӏорхъодаса халкъазда гьоркьосел террористал Болъихъе рачӏиндал, Гӏахьвахъ районалъул Кӏудиябросулъа Шамил Таймасханов милициялда хӏалтӏулев вукӏана.\n12 августалда гьезул къокъа ана Тӏандо росдал администрациялда чӏарал боевиказда дандечӏей гьабизе. Гьеб рагъулъ захӏматго лъукъаниги, ахиралде щвезегӏан, гьалмагъзабиги цӏунун, кьвагьдолев чӏана Таймасханов. Гьелъухъ гьесие кьуна Бихьинчилъиялъул Орден.\nГьелдаса анкь ун хадуб, 18 августалда, Шамил гӏахьаллъана гӏандадерил Харами магӏарда ккараб рагъулъги. Тӏадежоялъе, Тӏандо лъукъун бохги букӏана гьесул.\nРазведкаялъ араб гьезул къокъа циндаго ккана боевиказда тӏаде. Къокъаялда цеве вукӏарав Шамилица гьел рекӏеде рачӏиналде, автоматалъул цӏадги базабун, кӏигояв гӏодов лъуна.\nГьеб заманалда жаниб рагъуе хӏадурлъи гьабизе рес щвана милициялъулазеги. Амма гьездаса цӏикӏкӏараб батана боевиказул къуват. Щунусгогӏан метралъ рикӏкӏадаса ваккун вачӏана гьезул лъебергониги чи. Бугониги, Шамилица хӏаракат бахъулеб букӏана СОГалъулал нахъе инегӏан гьезде кьвагьдезе.\n«ГЬАНЖЕ ДУЕ ДОЗ БАХӏАРЧИЯСУЛ ЦӏАР КЬОЛА»\n«Дица гьалмагъзабазде ишан гьабуна, дун кьвагьдолевгӏан мехалъ, хехлъи гьабун нужеца гьаниса нух босеян. Гьезда гъорлъ вукӏана нижехъа васги. Гьев чӏана, мунги гьанив тун, жив кивениги унарилан. Гьебмехалда ахӏдон, семун, хӏалица нахъе гъуна дица гьев гьениса», — ян ракӏалде щвезабула гьанже Шамилица.\nБоевиказ кверде вачӏайин ахӏулеб букӏун буго гьесде. Амма жив кверде аравани, хадурги ун, гьез жидер тӏубараб къокъаго чӏвалаанин абула Шамилица.\nГьеб рагъулъ каранлъги хьалбаздаги гулбиги щун, гӏодов ккана гьев. Тӏадежоялъе, лъукъараб бохалдаса биги чвахизе лъугьана. Гьанже гуреб гьанже граната рехилин боевиказул рахъалдейин ракӏалде ккараб мехалда Шамил лъавудаса ана…\nЛъавуде вачӏиндал, гьесда живго цо рокъов, капельницаялда гъоркь ватана. Гӏурус-Мартаналъул больницаялдеги хъамун, боевиказ хвасар гьавун вуго Шамил. Гьеб рокъов жанив вукӏарав чачанав-тохтурас гьес- да бицуна жидеца гӏезегӏан би биччанин, амма бохалда щвараб гулла бахъизе бажаричӏин гьелъие гӏурал шартӏал рукӏинчӏолъиялъ. Жеги гьенибго буго гьеб.\nЧанкъо къоялдасан Шамилие мадар лъугьана, гьебмехалда гьев хъаравулзабигун цадахъ Алханюрт росулъе витӏана. Лъабго къоялъ гьенив гвандинивги тӏамун, Цацанюрт росулъе вачуна. Жеги лъабго къоялдасан Шамил вачуна Мухӏамад абулев херав чачанасул рокъове Бачиюрт росулъе. Гьесухъеги гьарун щварав чи вукӏун вуго Шамил. Мухӏамад боевиказда гьардон вуго жиндир вас Ризванихъ хисизе вукӏине, Аллагьасе гӏоло Шамил жиндихъе кьейилан. Гьесул вас, Чачан Республикаялъул таможняялъул капитан, гьебмехалда боевиказул рахъалдеги ун, федералаз ккун, Махӏачхъалаялъул СИЗОялда туснахъ гьавун вукӏана.\nМухӏамадил рокъоб Шамилица бана моцӏгун бащдаб. Гьебщинаб заманалда жаниб кӏиябго республикаялъул рахъалдаса вакилзабаз гьаруна чачанасухъ магӏарулав хисизе къотӏи-къаял. Гьезда гъорлъ рукӏана Дагъистаналъул муфтий Ахӏмадхӏажи Гӏабдулаевги, ДРялъул Пачалихъияб Советалъул контролиябгун ихтияразулаб управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Халитовги, Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдула Набиевги.\nГьел кӏалъа-басаязе квалквал ккезеги бахъана. Цо заманалдасан рачӏун Мухӏамадил рокъорегун, боевиказ нахъе вачун уна Шамил. Гьезие къваригӏун букӏана гьев жидехъего цӏазе. Амма гьев разилъуларевлъи лъайдал, тархъан гьавуралъухъ гӏарац кьеян чӏана гьел.\n«Асирлъуда вугеб мехалда дун цӏунун тарав чачанав вукӏунаан. Гьес абулаан гьанже дуе доз Бахӏарчиясул цӏар кьолин, дуца 11 чи хвасар гьавуралъухъ», — илан бицана Шамилица.\nЛъикӏги-квешги боевиказ гьев дов херав чачанасухъе — Мухӏамадихъе тӏад вуссинавуна. Цинги цо моцӏидасан гьесул васасухъ хисана.\nШ. Таймасхановасул гӏадаб гьунаралъухъ Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна Новолак районалъул РОВДялъул начальниклъун вукӏарав Муслим Даххаевасе. Гьев сабаблъун хвасарлъана боевиказ сверун ккун рукӏарал Липецкиялъул ОМОНалъулал (25 чи).\nГьал къоязда Гӏахьвахъ районалъул администрациялда тӏобитӏараб данделъиялда, къого чиясдаса гӏуцӏараб жамгӏияб къокъаялъ хӏукму гьабуна, гьесие Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьезе квербакъеян ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасде хитӏаб гьабизе.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "12983-geresiyal-sertifikatal-richi-tak-sir-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12983-geresiyal-sertifikatal-richi-tak-sir-kkola", "title": "«Гьересиял сертификатал ричи такъсир ккола»", "date": "2021-07-15 11:00:15", "categories": ["med"], "text": "Гьал къоязда республикаялъул журналисталгун дандчӏвана РФя-лъул медицинаялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул председатель Анатолий Домниковги ДРялда бугеб гьединабго профсоюзалъул нухмалъулей Зумруд Бучаеваги. Журналистазухъе рачӏиналде гьел щвана ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасухъеги. Гьеб кӏиябго тадбиралъул мурад букӏана коронавирусалда данде чӏезе улкаялдаго гьарулел ругел хӏалтӏабазул бицин.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицунаго, Анатолий Домниковас абуна гӏадатиял гӏадамалго гӏадин, цо-цо тохтурзабиги божулел ругин интернеталдасан тӏиритӏизарулел гьересиял харбазда. Амма гьезул 99 проценталъул ракӏчӏун бугин вакцина гьабизе кколин абураб пикруялда. Гьез гьеб жидерго мисалалдалъун бихьизабулебги бугила.\n— Гьале дун ккола тохтурзабазул тухумалдаса чи. Гьединлъидал дица абулебги буго вакцина гьабизе кколин, нижер хъизан-лъималаз, гӏага-божараз гьебги гьабуна.\n— Китаялда гӏадин, зулму-хӏал гьабун вакцина гьабизе тӏамизе кколин рикӏкӏунищ дуца?\n— Тохтурзабазул тухумалъул ва медицинаялда гъорлъ вугев чи хӏисабалда, дица гьединаб къагӏидаялъул рахъ ккола. Щайин абуни, дида бихьулеб бугелъул гӏадамал унтулел ва хадуб гьеб унтуца черх чӏвалеб бугеб куц. Амма цо-цо политиказ дир рахъ кквеларо, гьедин гьабизе бегьуларин абулелги камиларо.\nВакцина гьабизе бегьуларин чӏарал чагӏазул хӏакъалъулъ бицани, интернеталдасан хъвадарулел гьез къанагӏатги бихьизабуларо жидерго гьумер – чияр сураталги лъун яги лъезего лъечӏого рукӏуна гӏакъилал жал рицунел. Гьединлъидал мугъчӏвай гьабизе ккола медицинаялъул магӏна бичӏчӏулел гӏалимзабаз бицунеб хабаралде.\nМухӏканго жиндирго цӏарги бихьизабун хъвадарулев чи вугони, хӏисабалде босизе ккола гьес цо лъилалиго политикияб тӏадкъай тӏубазабулеб букӏинги.\nЗумруд БУЧАЕВА:\n— Дица вакцина гьабуна гъоркьиса декабралдаго. Гьединго эбел-инсуцаги гьабуна. Дир инсул буго 92 сон, эбелалъул – 87. Гьел кӏиялго ккола медицинаялъул хӏалтӏухъаби. Жеги-жеги хӏалтӏуде рахъиниланги чӏола гьел. Рокъор чӏезаризе захӏмалъула. Гьединги бугелъул, дида кутакалда гьезул ургъел ккун букӏана. Тӏадежоялъе, гъоб заманалда хӏатталдаса ун хӏинкъараб хӏалги букӏана. Больницабазда эркенал бакӏал хутӏун рукӏинчӏо. Гьенир регизе кумек гьабеян дихъе кӏалъарал чагӏазда абизе жо лъаларого, чара къосун йикӏунаан дун. Редукторнияб посёлокалда бугеб больницаялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Маллаевас цо нухалда дида абуна, нагагь тӏаса чи ани гурони, бакӏ букӏинарилан. «Нагагьлъун чи хвани» абураб магӏна букӏана гьелъул. Гьеле гьелде ккун букӏана иш.\nБащдаб лъагӏалидасан ахӏвал-хӏал рукӏалиде бачӏине байбихьана. Амма нилъеда гьеб хехго кӏочана. Инсанасул хасият гьединаб буго.\nПалхӏасил, херал эбел-эмен вакцина гьабизе рачиндал, цо больницаялъул бетӏерай тохтуралъцин абуна дида кӏудиял чагӏи ругелъул, дагьаб мехалъ гьабичӏого тани лъикӏаб букӏинародайилан. Амма щаклъиялъул цо къатӏрацин дилъ букӏарабани, гьелъухъ гӏенеккизеги бегьулаан. Эбел-инсуца гуребги, дир лъималазги гьабуна гьеб.\nАнатолий ДОМНИКОВ:\n— Ковид байбихьараб заманалда щиб суал нижеца цебе лъуниги, улкаялъул тӏалъиялъ тӏубалеб букӏана. Масала, профсоюзазул квербакъиялдалъун кьезе лъугьана ковидалда данде къеркьолел медиказе харжалда тӏадеги гӏарац.\nКовид баккун хадуб лъуна щибаб больницаялда компьютералъул томографал. Цере къватӏисел улкабаздаса рачӏунел ИВЛалги нилъерго гьанир гьаризе байбихьана.\nЗумруд БУЧАЕВА:\n— 2017 соналдаса нахъе профсоюзалъ гӏумруялде бахъинабулеб буго медиказда хурхараб социалияб 11 программа (санаториязде путевкаби, медицинаялъул хӏалтӏухъабазе спартакиада тӏобитӏизе лъагӏалие кьолеб цо млн. гъурущ, улка тун къватӏире сах гьаризе ине ккани, кумек хӏисабалда медиказе кьолеб 30 азарго гъурущ ва цогидаб).\nСИЗал (маскаби, комбинезонал, антисептикал), дараби ва цогидаб гӏоларого бугеб мехалда, профсоюзалъ щай кумек гьабуларебин гьикъулаан дида. Амма профсоюзалъ тӏубазе кколароан гьеб суал. Ккечӏониги, доб мехалда иш гӏорхъолъа унеб букӏин бихьидал, нижеца росана СИЗал ва рикьана 28 больницаялъе. Гьединго 11 азарго медикасе кьуна кванил нигӏматал жанир лъурал пакетал.\nГъоркьиса марталда, битӏун пандемиялда цебе, чанго районалде щвана дун. Халкъияб Собраниялъул депутат Тимур Гусаев коронавирусалъ унтун вугилан диагноз лъурал къоял рукӏана гьел. Гьебги хӏисабалде босун, гьел районазул больницабазул бетӏерал тохтурзабазда гьикъана дица гьалейин, кватӏичӏого пандемияги тӏаде щвелин нилъехъеги, гьелде хӏадур ругищ нужилан. Кинабго хӏадурун бугин жаваб кьуна гьез. Амма хадуб бахъараб ахӏи-хӏур нилъеда лъала. Цинги киналъулго гӏайибги Сахлъи цӏуниялъул министерствоялде бачӏана.\n— Дица вакцина гьабун буго. Амма заманалдаса цоги нухалдаги гьабизе бокьани, гъобго даруйищ гьеб букӏине кколеб яги батӏиябищ?\nАнатолий ДОМНИКОВ:\n— Бокьараб гьабизе бегьула. Амма дуцаго хӏалбихьараб вакцина гьабуни, щибниги хиса-баси лъугьинаро.\nЦӏияб даруялъ батӏияб хӏасил кьезеги рес бугелъул (кьечӏого хутӏизеги бегьула).\n— Нижеда лъалев цо чи вакцина гьабун заманго балалде реанимациялде ккана. Гьелъул магӏна щиб?\n— Гьединал суалал кьолеб мехалда дица абула цин дида унтарав вихьизе кколилан. Гьединлъидал гьев чиясул рахъалъ щибха абилеб? Дида лъаларелъул гьев цевеккун кинал унтабаз унтун вукӏаравали, вакцина кида гьес гьабурабали. Дида кколеб буго вакцина гьабилалдего бахун букӏун батилин гьесде ковид. Жибго вакцинаялъ кинабгӏаги унти багъаризабуларо инсанасул чорхолъ. Гӏицӏго аллергия лъугьине рес буго гьелдаса хадуб.\n— «Гьедигӏан хӏажатаб жо батани, пачалихъалъ чӏобого щайха вакцина гьабулеб бугеб?» — гьедин рикӏкӏунеб буго цо-цояз.\n— Улкаялъул гӏадамал хвасар гьаризелъун. Гьабсагӏаталда гьелдаса кӏвар бугеб жо щиб бугеб?\nЗумруд БУЧАЕВА:\n— Аллагьасде божилъи бугониги, нилъецагоги гӏамалги гьабизе ккола. Гьеле гьединаб жолъун буго гьаб ахӏвал-хӏалалъулъ вакцина. Нилъеца Владимир Путиние баркала кьезе ккола гьеб чӏобого гьабулеб букӏиналъухъ. Антителаби ругищали лъазе анализалъухъ гӏарац кьезе ккола. Гьабсагӏаталда ниж ургъулел руго медиказе гьеб анализ чӏобого гьабизе бажарулищали. Гӏезегӏан харжал гьаризе кколел жал рукӏуна гьел.\n— Вакцина гьабунин хъварал сертификатал ричун росулел ругин рагӏана. Гьелъ къиматги хвезабулеб буго жибго вакцинаялъул. Гьел гьересиял сертификатал росарал чагӏи унтани, гӏадамазда ракӏалде ккеларищ, вакцина гьабуралги унтулел ругин абун. Гьеб рахъалъ гьабулеб цӏех-рех яги тамихӏ бугищ?\nЗумруд БУЧАЕВА:\n— Чӏванкъотӏун киб ва лъица гьединаб жо гьабулеб бугебали дихъе хъвани, Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда лъазабила дица гьеб. Амма гьединал баянал щвеялда щаклъи буго.\n— Цо бакӏалде ран тарал вакцинабазул тӏубараб гъуни бугин абураб баянги щвана нижехъе. Амма гьенире ун халгьабичӏого, чӏванкъотӏун щибго абизеги кӏоларо…\nАнатолий ДОМНИКОВ:\n— Вакцинабазул шушби болжал лъугӏиялъ яги цӏорой-хинлъи рекъезабизе кӏвечӏого, дару цӏунизе бажаричӏолъиялъ рехун ратизе бегьула гӏодоре. Амма гӏадада гӏодобе вакцинаги рехун, гьересиял сертификатал росулелги кьолелги чагӏазе тамихӏ гьабизе ккола. Гьеб буго унго-унгояб такъсир."}
{"slug": "12984-24-sonaldasa-tsiidasan-bukhiana-rokh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12984-24-sonaldasa-tsiidasan-bukhiana-rokh", "title": "24 соналдаса цӏидасан бухӏана рохь", "date": "2021-07-15 11:03:58", "categories": ["tab"], "text": "Пириги речӏчӏун, 26 июналда цӏа ккана Гьонода росдада нахъа бугеб накӏкӏирохьоб. Цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби рачӏун ва росдал гӏадамал гӏахьаллъун кигӏан жигар бахъаниги, гьеб свинабизе бажаричӏо. Гӏицӏго 7-8 июлалда чвахунцӏадал ран хадуб гӏодоцана гьеб.\n4 июлалда гьенире рачӏун рукӏана Гъуниб районалда бугеб, рохьилгун цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби. Амма кьуру бугеб санагӏат гьечӏеб бакӏ букӏиналъ, жидеда гьениб гьабизе кӏолеб жо батичӏин бицана гьеб идараялъул нухмалъулев Шамил Гӏисаевас.\n— 26 июналдаса байбихьун ниж щибаб къоялъ гӏадин щвана гьанире. Лъабабилеб къоялдехун нижеда кӏун букӏана цӏа свинабизе. Амма, гӏадамазул бер щолареб бакӏалда цӏадул хӏенехӏ хутӏун букӏун батила, на- хъеги рекӏана цӏа. Тӏадежоялъе, гьороцаги хӏалакинабуна гьеб, — ан бицана гьес.\n— МЧСалъул гьединаб бакӏалде битӏулеб техника букӏунарищ? Цӏа свинабулеб вертолет республикаялдаго гьечӏин, гьеб Ростовалдаса бачӏунеб рагӏу-лин бицунеб букӏана. Гӏадамаз гӏумру гьабун бугеб бакӏалъе хӏинкъи бугеб мехалда гурони, гьебги битӏулеб рагӏуларо. Гьеб уяб жойищ?\n— Вертолет битӏула росулъ, гӏадамаз гӏумру гьабулеб минаялда цӏа ккун бугони. Амма вертолет бачӏанигицин гьелдаса пайда букӏинин кколаро. Щайгурелъул, вертолеталъ гьаваялдаса гӏодобе щвараб лъим, гъотӏол каралъ квал-квал гьабун, кибего щвезе рес гьечӏо. Гьединлъидал чвахунцӏад бани, гьелда кӏвелаан тӏубанго цӏа свинабизе. 26 июналда цӏа рекӏун букӏана Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росдада нахъа бугеб накӏкӏирохьобги. Хӏухьбахъиялъе рачӏарал туристазул цоясухъа ккун буго гьеб.\nПИРИДУЛ ХЕХЛЪИЯЛДА ХЪАМУНА\n4 июлалда Гьоноде вачӏун вукӏана Гъуниб райадминистрациялъул рохьил магӏишаталъул управлениялъул нухмалъулев Варис Мухӏамадовги.\n— Ахираб заманалда цӏакъ гӏемерал цӏаял ккана республикаялъул рохьахъ. Амма тӏабигӏиял балагьал нилъехъа гьукъун бажаруларелъул, щиб гьабилеб.\nДарада-Мурадаса ниж гьанире щвелалде, сагӏаталда жаниб гьороца хъамун, кӏудияб манзилалда тӏибитӏун батана цӏа. Росдал гӏадамазги жигар бахъана гьеб свинабизе. Росдал бегавул Хӏажиев Мухӏамадгун цадахъ гӏемерав чи вачӏана цӏа свинабизе.\nАмма нижеца сванилан тун букӏараб гьеб нахъеги рекӏана, — ян бицана В. Мухӏамадовас.\n— Экологиялъе ккараб заралалъул цӏехрех гьабун бугищ? Кигӏанасеб бутӏа бухӏун бугеб рохьил?\n— Цӏа рекӏун буго цебе росулъе машинадул нух букӏараб бакӏ бахун тӏадехун бугеб рохьоб. Гьеб ккола гӏага-шагарго 1,6 гектар. Рохьалъеги экологиялъеги ккараб заралалъул цӏех-рех хадуб гьабила, гьабсагӏаталда гьелде жеги регӏун гьечӏо.\nЧАНИЛ ХӏЕТӏ ХЪВАЛАРЕБ КЬУРУЛ КАРАНДА…\nТӏоцебе цӏа ккараб къоялдаса байбихьун рохьове хьвадана Гьонода росдал бегавул Мухӏамад Хӏажиев. Цӏа свинабизе кумекалъе рачӏарал гӏадамаздаса цӏакъ разиго вуго гьев.\n— Шамил районалъул Гьолокь росулъа рачӏана гӏемерал гӏадамал, Къородаса рачӏана. Районалъул, гьединго республикаялъул цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабазул тӏоцебесеб къоялъго къогониги чи вачӏана. Нижерго росдал гӏолохъабаз гьабуна кӏудияб чӏаголъи.\nТокалъул хӏубазда цӏа хъвазе биччачӏого, аскӏор ругел гъутӏби къотӏизе жигар бахъана гьез. Къогогӏанасеб хӏуби цӏунана гӏолохъабаз цӏадудаса. Гьел рухӏун рукӏаралани росу чанго къоялъ токги гьечӏого хутӏизе букӏана, — ян бицана бегавулас.\n— Гӏадан тӏаде ине хӏинкъараб бакӏалдаса гӏебеде букӏана цӏа унеб. Жакъа бокьарас бокьараб бицине бегьила, тӏадеги балагьун рохь бухӏизе тунилан, цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабазде гӏайиб-гъвел гьабулелги камиларо. Гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабуна, амма чанил хӏетӏ гурони хъвачӏеб кьурулъеги рахун, гьез цӏа свинабуларо.\nГьонодисезул накӏкӏирохьоб цӏа ккун букӏана 1997 соналъул 16 апрелалдаги. 24 соналда жаниб саламатго цӏилъун букӏараб рохь гьале нахъеги бухӏана. Амма доб мехалда дандеккун гьаб нухалда ккараб цӏа цӏакъго кутакаб букӏана.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "12985-khunzakh-a-amerikayalda-vugev-gialimchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12985-khunzakh-a-amerikayalda-vugev-gialimchi", "title": "Хунзахъа Америкаялда вугев гӏалимчи", "date": "2021-07-15 11:19:15", "categories": ["insan"], "text": "Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цӏар рагӏарал гӏезегӏан бахӏарзал, космонавтал, конструкторал, гӏалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкӏги тана дунялалдаго гӏумру ва гӏелму-лъай цебетӏезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магӏишаталъул кинаб бутӏа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чӏчӏел босизе ругел ресалги гьел гӏумруялде рахъинаризе бугеб гъираги.\nДагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутӏа лъуразда гьоркьов вуго Сахрат Хизроевги. Гьев ккола Америкаялда гуревги машгьурав гӏалимчи, электротехникаялъул ва клеткабазул биологиялъул профессор. Гьев хӏалтӏулев вуго Флоридаялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб университеталъул щивав чиясул черхалда рекъезабулеб наномедицинаялъул централъул директорлъун. Сахрат ккола СШАялъул цӏи-цӏиял жал ургъун рахъулезул миллияб академиялъул членги. Гьев гьавуна Хунзахъ районалдаса хъизамалда, 1970 соналъул 12 июналда. Цӏалана Махӏачхъалаялъул №13 школалда.\n1993 соналда лъугӏизабуна Москваялъул физикаялъул ва технологиялъул институт, щвана физикаялъулабгун квантовияб электроникалъул специалистасул махщел. 1996 соналда лъугӏизабуна университет ва вахъана физикаялъул магистрлъун. 1999 соналдайин абуни лъугӏизабуна Карнеги-Меллонил университет. Гьев ккола философиялъул ва электротехникиял гӏелмабазул доктор. Сахратица хъвана 120-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмиял тӏахьал ва макъалаби, ургъун рахъана батӏи-батӏиял алатал. Гьесул гӏелму щулаго бухьараб буго медицинаялда хӏалтӏизарулел нанотехнологиязда.\nС. Хизроевасул гьунаралдалъун тӏоцере рагьана квантовияб электротехникаялъул ва клеткабазул биологиялъул аслиял гӏелмиял цӏилъаби.\n2011 соналда С. Хизроевас жиндаго цебе лъуна захӏматаб масъала – лъай кьеялъул ва медикоментознияб медицинаялъул бутӏабазда дунялалъулго даражаялъул цӏех-рех гьаби. Гьелда цӏарги лъуна «персонализированияб наномедицина» абун. Гьес ва гьесул ишцояз ургъун рахъана инсанасул гӏадалнахулъе риччалел рак унти сах гьабулел наночастицаби. Гьеб къагӏидаялда рекъон кӏолеб буго гӏадалнахул хӏалтӏи бихьизабизе ва цого заманалда медицинаялъул дарабаз кинаб пайда кьолеб бугебали лъазабизе. Магнитнияб полеялъул частотабаздехун гьел наночастицабаз батӏи-батӏияб гӏамал бихьизабулеб букӏиналдаса пайдаги босун, гьениб рес баккула дараби гьечӏого сахлъи рукӏалиде бачӏинабизе. «Гӏадалнахулъе наночастицаби риччараб заманалда нилъеда бихьула гьелъул хьвадачӏвади, ракалъул клеткабазул хӏалтӏи. Гьединлъидал нилъер рес букӏуна гьенибе нейроналда жанибе хӏажатаб дару биччазе. Гьебин абуни ккола операция гьабичӏого, гьел клеткаби бокьараб лагаялда жанир чӏвазе рес щвей», — ан бицана Сахратица.\nХӏайваназда гьабураб хӏалбихьиялъ бихьизабуна ракалъул унти сах гьабиялъе гьеб лъикӏаб, пайда цӏикӏкӏараб къагӏида букӏин. Майамиялда гӏалимзабаз гьеб къагӏидаялъул пайда букӏин бихьизабизе гӏункӏкӏазул гӏадалнахулъе биччана 20 миллиард наночастицабазул ва гьеб къагӏида битӏараб букӏиналда ракӏги чӏана.\nГӏелмияб цӏи рагьиялъул авторасул пикруялда рекъон, «нилъер гӏадалнах буго гӏемерал электромоторал гӏадаб жо, амма гьелъул лъикӏаб жо буго гьелда гӏицӏго «электрикияб тӏабигӏаталъул мацӏ» гуребги, «макъратӏисалъул мацӏги» лъалеб букӏин. Электрикиял ва макъратӏисалъулал зарраби бида гъорлъ гӏадалнахулъе щведал, нейроналгун цадахъ журала ва нилъеда кӏола къватӏисан макъратӏисалъул къуваталдалъун гьениб электрикияб поле бижизабизе ва гьелдалъун кварал гьечӏеб къагӏидаялда нейроналгун хӏалтӏизе. Гьелъ цӏиял ресал рагьула инсанасул сахлъи щула гьабиялъе.\nСШАялъул Оборонаялъул министерствоялъ, Энергетикаялъул министерствоялъ, Сахлъи цӏуниялъул миллияб институталъ, Калифорния, Флорида штатаз гьеб къагӏидаялъул рахъ ккуна ва гьеб пайда цӏикӏкӏараб бугин чӏезабуна.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "12986-insaniyatal-ego-dars", "url": "https://hakikat.info/?nationals=12986-insaniyatal-ego-dars", "title": "Инсанияталъего дарс", "date": "2021-07-15 11:23:48", "categories": ["history"], "text": "Бищун тӏагӏат-гӏибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь разилъулев, бищун кири цӏикӏкӏун щолев бусурманчи ккола, кинаб амру, щиб жо Тӏадегӏанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги рахъ- алдасан бачӏун батаниги, калам тун гьеб тӏубазабулев чи. Гьел ам- рабазулги шаргӏиял ахӏкамазул магӏнаги хӏикматги бокьанагӏан цӏехезе ресги буго бусурманчиясе. Магӏнаги хӏикматги гьечӏеб жо Тӏадегӏанав Аллагьас нилъеда тӏадги къаларелъул, цо-цо амрабазулъ ругел хӏикматал нилъее рагьичӏониги. Къурбан хъвеялда жанирги руго гӏемерал магӏнабиги, хӏикматалги, пайдабиги.\nКЪУРБАН ХЪВЕЯЛЪУЛ МАГӏНАГИ ХӏИКМАТГИ\nКъурбан хъвеялъул магӏна буго Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее боцӏудалъун кьурал чӏахӏи-чӏахӏиял нигӏматазе ва, гьединго, тӏасияб сон бачӏиналде нилъго чӏаго теялъе Ал- лагьасе щукру гьаби. Гьелъ нилъер мунагьал чурила, гӏибадаталъулъ ккарал гӏунгутӏаби рацӏцӏина. Къурбан хъвеялдалъун мискин-пакъирзабазе кумек, рукъалъул агьлуялъе лъикӏлъи, цоцазе дугӏа-алхӏам гьабулеб буго бусурбабаз. Рекӏелъ къарумлъи-бахиллъиялъул унти бугев чиясе гьелдаса дару, гьеб квешаб унтиялдаса гьесул напс бацӏцӏалъи щолеб буго.\nИбрагьим аварагасги гьесул вас Исмагӏил аварагасги гьабураб кӏудияб, ракӏал хӏайранлъулеб, гӏажаибаб иш ракӏалде щола Къурбан къоялъ.\nПикру гьабе, нусги кодоб ккун, рухӏгӏан хирияв, гьайбатав, жиндаго цеве вегун вугев васасул габуниб нус бахъулев инсулги, гьесда цевеги вегун, гьесие (Ибрагьимхалиласе (гӏ. с.)) нус бахъизе гьеб щекъер ккун чӏарав мутӏигӏав васасулги. Хӏисаб гьабе, гьев кӏиявго хирияв инсанасе Тӏадегӏанав Аллагь вокьиялъул, Гьесул амру кӏодолъиялъул кутак бихьизе. Гьел кӏиязулго гьеб иш кколарищ къиямасеб къо чӏезегӏан тӏолабго инсанияталъе бицинеги дарс босизеги гӏураб вагӏза. Гьев кӏиявго хирияв илчиясул гьеб кӏудияб иш халкъалда кӏоченчӏого букӏине Тӏадегӏанав Аллагьас инсанияталъе шаргӏлъун гьабуна къурбан хъвей. Гьелда жаниб нилъер хӏалбихьиги буго. Тӏадегӏанав Аллагьас нилъеда абулеб буго: «Дир кӏиявго хирияв аварагас (гӏ.с.) Дие гӏоло гьабураб кӏудияб иш нужеда бихьана, гьеб захӏматаб иш Дица нужеда тӏадкъалеб гьечӏо. Дица нужедаса тӏалаб гьабулеб буго Дицаго нужее кьурал нужер рукъалъул хӏайваназдаса Дие гӏоло, Дунги вокьун, Дир амруги цебе гьабун, къурбаналъе цо хӏайвангӏаги хъве», — ян. Гьедин хӏалбихьизе гӏоло Тӏадегӏанав Аллагьас нилъееги шаргӏлъун гьабуна къурбан хъвей. Гьелъие гӏоло Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магӏна): «Аллагьасухъе нужеца къурбаналъе хъурал хӏайваназул гьаналги биялги щоларо. Кинниги гьесухъе нужедасан такъва щола», — ян. (Къуръан: 22/37).\nАллагьги вокьун, нужер ракӏазе хирияб боцӏудаса Аллагьасул амруги тӏаса бищун, къурбан хъвезе нуж тӏамураб нужер ракӏазул хӏал щола Аллагьасухъеян абураб магӏна ккола гьаб хирияб аяталъул.\nПАРИЗАЯБ ВА СУННАТАБ КЪУРБАН\nШафигӏияб мазгьабалда рекъон, къурбан хъвей паризаяблъун лъу- гьуна, цо чияс: «Дица къурбан хъве- зе назру гьабуна», — ян яги «Дица Аллагьасе гӏоло къурбан хъвезе тӏаде босана», — ян абуни. Гьединго къурбаналъе хъвезе бегьулеб жин- дирго хӏайваналде ишараги гьабун, яги гьебги бихьизабун, гьелъул бетӏергьанас: «Гьаб дир къурбан буго» яги «Гьаб дица къурбаналъе хъвезе буго», — ян абуни, гьеб хъвезе тӏадаблъун лъугьуна. («Фикъгьул мангьажи», т. 1, гь. 232.).\n«Дица Аллагьасе гӏоло гьаб жо къурбаналъе бихьизабуна», — ян абуни, гьебги тӏалъула, батӏалъи гьечӏо цо балагь нахъе чӏваялда яги нигӏмат щвеялда хурхинабуниги хурхинабичӏониги. «Гьаб жо къурбаналъе дица хъвезе буго», — ян абуни, гьебги тӏалъула Аллагьасе гӏолоян абичӏонигицин. Чӏегӏерхӏайван хъвезе бугин тӏаде босани, гьеб хъвезе тӏалъула, гьелъул бакӏалда гӏиялъажо хъвезе бегьуларо. Гӏиялъажо къурбаналъе хъвезе тӏаде босани, гьелъул бакӏалда чӏегӏерхӏайван хъвезе бегьула. Амма, килищги битӏун, гьаб гӏиялъажо дица къурбаналъе хъвезе бугилан абуни, гьелъул бакӏалда чӏегӏерхӏайван хъвезе бегьуларо. «Гьаб жо дир къурбан буго» яги «Гьаб жо дица къурбанлъун гьабу- на», — ян абуни, гьеб хъвезе ният букӏун батичӏонигицин, гьебги къурбаналъе хъвезе тӏалъула.\nШафигӏиясул мазгьабалда рекъон, къурбан хъвезе хӏалкӏолев чиясе гьеб хъвечӏого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хӏалкӏолевлъунги рикӏкӏуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоязги кваназе гӏураб жоги бугев, гьелда тӏадеги къурбаналъе хъвезе бегьу- леб жо (чӏегӏерхӏайван, гӏиялъажо) босизе ресги бугев чи. Гьединав чи- ясе къурбан хъвезе суннатаб буго, хъвечӏого тезе карагьатабги буго.\n«Дица гьаб хӏайван къурбаналъе хъвезе назру гьабуна яги тӏаде бо- сана», — ян абуни, яги «Гьаб хӏайван къурбаналъе хъвезе босараб буго», — ян абуни, яги къурбаналъе хъве- зе хьихьулеб бугилан абуни, яги «Дица гьаб къурбаналъе хъвезе буго», — ян абуни, цадахъ «суннатаб» абураб рагӏиги хӏалтӏизабичӏони, гьеб хӏайван къурбаналъе хъвезе тӏалъула. Гьеб къурбан хъолеб гӏуж щварабго, нахъбахъичӏого хъвезе- ги ккола. Къурбаналъе тӏалъараб хӏайван хъураб мехалъ, кинабго садакъаде мискинзабазе кьезеги тӏалъула. Гьелдаса щибниги жо жин- цаго кваназе хӏарамлъула, жинца хьихьизе тӏадал гӏадамазе кваназе кьезеги хӏарамлъула. Назру гьабураб, тӏалъараб хӏайваналъул щибниги жо бечедал гӏадамазда кваназабизе бегьуларо, ай хӏарамлъула.\nХӏАЛАЛ ЯГИ ХӏАРАМ\nЦо-цояз къурбан хъун хадуб гьан бикьиялъул кӏварго гьабуларо, гьеб белъинеги гьабун байрам баркизе рачӏараз кванараб гӏолин абун чӏола. Хӏатта къурбаналъе хъураб гьан хадубккун бичулелгицин дандчӏвала. Лъангутӏиялдалъун хӏакъикье ккеларедухъ, къурбан хъвелалде нилъедаго лъалареб жо имамасда цӏехани лъикӏ букӏинаан.\nКъурбаналъул гьан капурчиясе кьезеги гьесда кваназабизеги хӏарамлъула. Бечедал бусурбабазда кваназабизе бегьула, амма гьел бетӏергьабилъун рахъинаризе бегьуларо (масала, гьезие чӏобого кьун). Бечедалин абула жидее закат кьезе хӏарамлъулел гӏадамазда. Сайгъат хӏисабалда бечедазе къурбаналъул гьан битӏизе бегьула. Къурбан хъу- рав чияс къурбаналъул гьан, рокъоб течӏого, бикьизеги суннатаб буго. Бищунго хирияб буго, баракаталъе цо чанго лукъмаги кванан, хутӏараб мискинзабазе кьезе. Гьел лукъмабиги тӏулалдаса кваназе хирияб буго.\nГьединго хирияб буго, гьелъул лъабил бутӏа рокъобги тун, цояб лъабил бутӏаялъул мискинзабазе садакъа гьабизе, цоги лъабил бутӏа – сайгъат гьабизе. Кьучӏаб рагӏиялда бан, дагьабниги жо гьелдаса мискинзабазе гӏатӏгояб гьанал кьезеги гьел бетӏергьабилъун рахъинаризеги тӏадаб буго. Тӏом, тӏул, бакьал, хъвата, рачӏ, тӏатӏи гӏадаб жо кьеялъ гӏей гьабуларо. Мискинасе кьолеб бутӏа гьесухъе рокъобе битӏун тарабги гӏоларо, «Дица мун гьалъул бетӏергьанлъун гьавуна», — ян абизе ккола («Мавгьибату зул фазли»). Цӏакъго дагьаб жо кьуни, гьелъги гӏей гьабуларо. Бащдаб кило яги цо килогӏанасебгӏаги жо кьезе ккола. Мискинчияс, бетӏергьанлъун вахъун хадуб, гьеб кваназе, бичизе, цогидасе кьезе, ай жиндие бокьараб жо гьеб гьаналда гьабизе бегьула. Амма капурчиясда кваназабизе бегьуларо. Мискинчиясе гӏатӏгояб гьанал бутӏаго кьечӏого, къурбан хъурав чияс кинабго кванани, гьесда мискинзабазе кьезе кколеб гьанал къадар гьезие бецӏизе тӏадаб буго. Къурбаналъул нахъе хутӏараб гьан нахъе цӏунизеги бегьула, бакъвазабизеги бегьула. Суннатаб къурбанги, паризаябго гӏадин, хъураб росулъа яги шагьаралдаса цоги бакӏалде къватӏибе босизе бегьуларо.\nКЪУРБАНАЛЪУЛ БУТӏА БИЧИЗЕ БЕГЬУЛАРО\nКъурбаналъе хъураб жоялъул гьан, тӏом яги щибниги жо гӏарцухъ бичизе хӏарамлъула, мунпагӏат босизелъун тӏом жиндиего тезе бегьула, садакъаялъе кьезеги бегьула. Хӏайван хъурав чиясе мухь хӏисабалда тӏом кьезе хӏарамлъула. Гьеб хъурасе яги тӏом ччукӏарасе мухь бетӏергьанчияс цоги бакӏалдаса кьезе ккола, гьес гьеб мухьдахъ хъун батани.\nДагьаб гьан мискинзабазеги тун, гӏемерисеб яги лъабил бутӏа, яги чамалиго лукъма жинцаго квананиги, тӏубараб къурбан хъураб гӏадин кири щола, амма садакъаде цӏикӏкӏун кьурабгӏан, гьелда рекъон, садакъаялъул кириги цӏикӏкӏун щола, суннат тӏубаравлъунги вукӏуна.\nХъураб бакӏалдаса цогидаб росулъе яги шагьаралде къурбан босизеги хӏарамлъула. Амма суннатаб къурбаналъул мискинчиясе кьезе тӏадаб гӏатӏгояб гьанал бутӏа хъураб бакӏалда вугев мискинчиясе кьун хадуса, хутӏараб суннатаб къурбаналъул гьан росу тун къватӏибеги босизе бегьула. Къурбан хъураб росулъ мискинчиго ватичӏони, закат гӏадин, бищун гӏагарда бугеб росулъа мискинчиясе кьела. Гӏатӏгояб, мискинчиясе кьолеб бутӏа, цо мискинчиясе кьуниги тӏубала.\nЖив бетӏергьанлъун вахъараб гьан бичизеги, цогидазе кьезеги, кваназеги, цогидазда кваназабизеги мискинчиясул ихтияр буго. Бечедав чиясе сайгъатлъун битӏараб къурбаналъул гьан жинцаго кваназеги цогидазда кваназабизеги гьесул ихтияр буго, амма цогидасе кьун, бичун, цогидав чи гьеб гьаналъул бетӏергьанлъун вахъинавизе ихтияр гьечӏо.\nКъурамухӏаммад-хӏажи РАМАЗАНОВАСУЛ тӏехьалдаса"}
{"slug": "13066-melikov-magiarukh-e-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13066-melikov-magiarukh-e-shchvana", "title": "Меликов магӏарухъе щвана", "date": "2021-07-22 12:20:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 июлалда ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовас сапар гьабуна Шамил ва Лъаратӏа районазде. Шамил районалда гьев щвана чӏварал вацал Хӏасанхӏусеновазул эбел-эмен Муртазагӏалихъе ва Патӏиматихъе.\nГьезул васал Набиги Хӏасанхӏусенги чӏвана щуго соналъ цере, 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетӏербахъи гьабун, жамагӏаталъул боцӏи хьихьун, магӏарда рукӏарал гьел аскарияз чӏвана, изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул къокъаялъул гӏадамалин, мекъи ккун.\nМуртазагӏалиги Патӏиматги Сергей Меликовас тӏаде къабул гьарун рукӏана 2020 соналъул декабралда. Доб мехалда гьес гьел васазул эбелинсуе рагӏи кьун букӏана гьезухъе гьоболлъухъ щвезе. Кьураб рагӏиги тӏубазабун, Хӏебде щвелалде, цин гьезухъе щвезе ана Меликов.\nЧӏварал вацал ракӏалдещвеялъе лъураб памятникалда цере тӏугьдулги лъуна гьес, Хӏасанхӏусеновазул рукъалда аскӏоб магнолия абураб гъветӏги чӏана. Муртазагӏалидаги Патӏиматидаги къварилъи-гӏатӏилъиги цӏехана, жинца гьабизе бегьулеб кумек батани, бицейинги абуна.\nГьединго республикаялъул бетӏер щвана Гьоор-Хьиндахъ росдал байбихьул школалдеги. 1962 соналда бараб гьеб жеги хӏалтӏулеб буго, амма хӏажатаб къайи-цӏаялъул рахъалъ мукъсанлъи буго жакъа школалда. Гьелъие кумек гьабизе тӏадкъана Меликовас цадахъ рукӏаразда.\nХадув гьев дандчӏвана росдал гӏадамалгунги. Гьикъана къваригӏараб-тараб. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, Гьоор-Хьиндахъ гӏумру гьабун вугев чияс республикаялъул бетӏерасда гьарана райцентралдаса росулъе газ бачинеги, росулъе рачӏунеб шагьранух къачӏазеги квербакъеян.\nМеликовас сапаралда цадахъ вукӏарав ДРялъул нухазулгун, транспорталъул министр Ширухан Хӏажимурадовасда тӏадкъана тӏасияб соналде гьеб нухлул суал хасаб проекталде гъорлъе бачине.\n2023 соналде киналго хӏалтӏаби лъугӏун рукӏине ккелин тӏадеги жубана ДРялъул бетӏерас.\nХӏебда Меликов щвана 1959 соналдаго бараб, щунусгоялдаса цӏикӏкӏун лъимер цӏалулеб школалде. Гьелъие ремонт хӏажат бугоан. Лъималги кӏиго сменаялда цӏалулел руго.\nМеликовас хӏукму гьабуна гьеб школалъе кӏиабилебги автобусги кьезе. Гьениб бугеб цо автобусалъ школалде лъимал раччула сверухъ бугеб чанго росулъа.\nХӏебдасан Меликов Лъаратӏа районалде ана.\nГьенив гьев щвана поликлиникаялле, паркалде. Поликлиникаялда хъублъи жанисан унеб лъелмухъ къачӏан гьечӏин бадибчӏвайги гьабуна гьес бетӏерав тохтурасе. Гьединго паркалдаги гӏунгутӏаби ратана гьесда.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "13067-daniyalov-vakh-izegi-res-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13067-daniyalov-vakh-izegi-res-bugo", "title": "ДАНИЯЛОВ «ВАХЪИЗЕГИ» РЕС БУГО", "date": "2021-07-22 12:25:31", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул мэриялъ лъазабуна ралъдал рагӏалда, Родопалъул бульваралда, гӏадамал тира-сверизе санагӏалъи букӏинелъун гьениса Гӏабдурахӏман Данияловасул памятник нахъе босизе бугилан. Гьеб лъезе кӏиго батӏияб бакӏги бихьизабулеб буго: Данияловасул цӏаралда бугеб къватӏалъул байбихьуда, ай Коминтерна абулеб майданалда, маххул нухлул вокзалалда гӏагарлъухъ яги шагьаралъул тӏоцебесеб школалда аскӏоб.\nШагьаралъул гӏадамаз гьелда тӏасан пикраби загьир гьаризе бегьула интернеталдасан.\nГьедин хъвалеб буго Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевасул инстаграмалда.\nДанияловасул памятникалда бакӏ хисизабизе букӏиналда тӏасан цо ккураб пикру гьечӏо гӏадамазда гьоркьоб.\nЦояз хъвалеб буго битӏараб бугила, паркалда гӏадамазе эркенго тира-сверизе бакӏал къваригӏун ругила. Цогидаз гьезие жаваб кьолеб буго тира-сверизе бакӏал къваригӏун ратани, памятникги жибго тун, ралъдал рагӏал цӏун ругел гӏиси-бикъинал будкабиги ричарухъабиги нахъе гъейила.\nГьединго мэриялъ гьединаб лъазаби гьабун тӏоцебесеб къоялъго Гӏабдурахӏман Данияловасул ясалъулги ясалъул вас Гӏали Исламовас мэриялде битӏана гьелдаса разилъи гьечӏолъи бихьизабураб кагъат.\nАмма жеги гьелъие жаваб щвечӏин бицана Гӏалица «Хӏакъикъаталъе».\n«Дица мэриялде гьеб кагъат почалдасанги битӏана, интернеталдаги тӏибитӏизабуна. Амма лъицаниги щибниги данде хъван бачӏинчӏо. Дирго гӏадаб пикру нижер тӏолабго гӏагарлъиялъулги буго. Щайин абуни, Данияловасе гьеб бакӏалда памятник лъун букӏана жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчиясул цӏар даим гьабиялъул мурадалда. Тӏадежоялъе, гьеб Махӏачхъалаялъул администрациялъ гуро лъураб, лъуна доб мехалда Дагъистаналъул президентлъун вукӏарав Мухӏу Гӏалиевасул хӏукмуялда рекъон. Гьединлъидал гьесда тӏадги рахъун цогидазул ихтияр щиб гьеб нахъе бахъизе? Памятник лъеялъул суал нижер хъизамалдаги дандбан букӏана. Масала, дир кӏудияй эбел Забидаги Хӏамзат Хӏамзатовги («Дагэнерго») гӏемер рекерахъдана гьелъие гӏоло. М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб заводалда гьабуна гьеб памятник. Гьениеги чанцӏулго ун йикӏана Забида.\nПамятник лъугьун гьечӏилан рикӏкӏунел чагӏи ратани, бакӏареха комиссияги, гьабе гьелда рекъараб хӏукмуги. Амма гьабсагӏаталда гьединаб щибниги жо гьечӏо, мэрасул инстаграмалда лъураб пост гурони», — гьединаб баян кьуна Данияловасул наслуялъул чи Гӏали Исламовас.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "13068-shchugo-sonalda-zhanib-180-magnat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13068-shchugo-sonalda-zhanib-180-magnat", "title": "ЩУГО СОНАЛДА ЖАНИБ – 180 «МАГНАТ»", "date": "2021-07-22 12:27:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Каспийскиялда рагьана «Магнит у дома» ва «Магнит косметик» абурал дармил тукаби.\nРеспубликаялда тӏоцебе рагьулеб «Магнит» ПАОялъул тадбиралда гӏахьаллъана РФялъул промышленносталъул ва дармил министр Денис Мантуров, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуразарулев Сергей Меликов, ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатӏахӏ Гӏамирханов, «Магнит» ПАОялъул бетӏерав директор Ян Дюннинг ва цогидалги.\n«Республикаялда гӏадамаз цӏикӏкӏун пайда босулел бакӏаллъун руго базарал ва ярмаркаби. Гьаниб цебетӏун буго гӏисинаб бизнесги. «Магнит» республикаялде бачӏиналдалъун дармил рахъги батӏи-батӏияблъун, конкуренция хӏехьолеблъун лъугьина. Баркала загьир гьабизе бокьун буго дармил киналго рахъал церетӏезариялъулъ гӏахьаллъаралъухъ, «Магниталъеги» лъикӏаб цебетӏей гьарула», — ян абуна РФялъул промышленносталъул ва дармил министрас.\n«Нилъер республикаялде рукӏина цӏиял хӏалтӏул бакӏал. Кӏвар бугеблъун ккола «Магниталъ» Дагъистаналъул нигӏматазе бакӏги бихьизабизе букӏин. Нилъерго нигӏматал ричизе бегьула «Магнит» тукаби ругебщинаб бакӏалда, — ян абуна С. Меликовас. – «Магниталъ» къотӏикъай гьабун буго Дагъистаналъул 20 производителасулгун».\nДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас бицана гъоркьиса декабралда РФялъул росдал магӏишаталъул министерствоялъ «Вкусы России» абураб кванил нигӏматазул регионалиял брендазул миллияб къец тӏобитӏун букӏанин.\n«Гьениб Дагъистаналъул гӏиял гьаналъе тӏадегӏанаб бакӏ щведал, Ян Дюннингица абуна, гьелъул цӏакъаб тӏагӏам бугин. Дида ккола, нилъер гӏиял гьанае кьураб къиматалъго гьесизарун ратилин республикаялда «Магнит» рагьизе», — ян абуна Гӏамирхановас. Ян Дюннингил пикруялда рекъон, Дагъистаналда «Магнит» рагьиялъул компаниялъеги кӏудияб кӏвар буго. «Нижеда гьаниб церетӏеялъе рес бихьулеб буго. Лъагӏалил ахиралде гьаниб хӏалтӏизе биччазе буго 20 дармилаб бакӏ. Гӏагараб щуго соналда жаниб Дагъистаналда 180 тукен рагьизе ва республикаялъул 2000 чи хӏалтӏудалъун хьезаризе ракӏалда буго. Гьединго ниж ургъулел руго мугӏрузул районазда «Моя цена» абурал тукаби рагьиялда тӏадги. Гьениб учузаб багьаялде рукӏине руго гӏадатиял нигӏматал ва къайи. Гьеб гуребги, нижеца тӏадчӏун хӏалтӏи гьабулеб буго бакӏалъулал поставщиказулгун ва Дагъистаналъул брендал гӏицӏго республикаялда гурелги, тӏолабго улкаялдаго тӏиритӏизаризе ракӏалда буго», — ян абуна «Магниталъул» директорас.\nП. СУЛТӏАНОВА"}
{"slug": "13069-giidal-ul-k-oyalde-sajg-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13069-giidal-ul-k-oyalde-sajg-at", "title": "ГӏИДАЛЪУЛ КЪОЯЛДЕ САЙГЪАТ", "date": "2021-07-22 12:29:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул предприниматель ва политик, сенатор Сулейман Керимовас «Инсан» гурхӏел-рахӏмуялъул фондалде кьуна 5000 бетӏер гӏиял. Къурбан-гӏидалъул хӏурматалда хъураб гӏиял гьан бикьана республикаялъул ресукъал гӏадамазе.\n«Исана Керимов гӏахьаллъана «Инсан» фондалъ щибаб соналъ республикаялда тӏобитӏулеб «Щибаб рокъобе гьан» абураб акциялда. «Бурхан» абураб фондгун цадахъ нижеца гьан бикьула республикаялъул ресукъал гӏадамазда гьоркьоб. Керимовас гьоркьоса къотӏичӏого гьабулеб квербакъиялдалъун регионалъул шагьараздагун районазда гурхӏел-рахӏмуялъул гӏемерал тадбирал тӏоритӏула», — ян бицана «Инсан» фондалъул вакилзабаз.\nДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасги баркана республикаялъул бусурбабазда Къурбан байрам. Гьединго Меликовас жиндирго рахъалдаса тонна гьанал бикьана ресукъал хъизамазе."}
{"slug": "13070-khiikmatab-unk-o-kletka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13070-khiikmatab-unk-o-kletka", "title": "ХӏИКМАТАБ УНКЪО КЛЕТКА", "date": "2021-07-22 12:39:50", "categories": ["gara"], "text": "Араб анкьалда редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Шамил районалъул Гӏасаб росулъа халкъияб тохтурлъиялъул устар МухӏамадРасул Якъубов. Журналистазул суалазе жавабал кьолаго, гьес бицана батӏи-батӏиял унтабазе дараби гьариялъулги черх лъадариялъулги хӏакъалъулъ.\n— Масала, гьес абуна хурдул рукӏунин цоцалъ рекъолелги рекъоларелги. Онкологиялдаса сах гьаризе хӏалтӏизарулин чистотел, белена, болиголов. Цоцазулгун данде кколарел хурдул цадахъ хӏалтӏизаруни, чорхол сахлъиялъе зарал гьабулин гьез. Гьединго кванил нигӏматалги. Масала, бетарахьги ччугӏаги ругила диетаялъе хӏалтӏизарулел, ай черхалъе пайдаяллъун рикӏкӏунел нигӏматал. Амма кӏиябго цадахъ хӏалтӏизабуни, гьез инсанасул черхалъе зарал гьабизе бегьулин. Ччугӏаялда гъорлъ гӏемер бугила железо, йод, бетарахьалда гъорлъ щелочь, азот, фосфор. Фосфорги железоги цоцалъ жубаялъ квешаб асар гьабулин. Гьединлъидал кӏиябго нигӏмат цадахъ кванани, нилъее загьрулъулила гьел.\nАллагьас бижуларо дару гьечӏеб унти\n— Гьабсагӏаталда дунялалдаго тӏибитӏун буго коронавирусалъул унти. Кинал дараби гьаризе кколел гьелде дандечӏеялъул мурадалда яги гьеб унтиялдаса сахлъизе?\n— Руго овощалги хурдулги, жидер сок хехго холелги, гӏемераб заманалъ тани кинабгӏаги хиса-баси кколарелги. Лъагӏелги хадуб заманалъ кӏвекӏулел руго нилъ пандемиялъ. Гьелъие бищун лъикӏаб, ай пандемиялъул ралъдалъ лъеданиги, нилъее хӏинкъи гьечӏеб жо буго, нилъерго богорокъор хӏалтӏизарулел нигӏматал. Масала, чӏегӏераб талган (черная редька). Гьелъул сокалда гъорлъ ругел химиялъул элементазул сокӏкӏелалъе кинабгӏаги хиса-баси кколаро, чинидал, цӏорол, цӏулал яги пластикалъул цӏарагӏалъубеги тӏун цӏунани. Гьеб буго вирусалде данде кутакалда хӏалтӏулеб жо, щайгурелъул гьелда гьоркьор руго ще- лочал. Гьединабго буго имбиралъул гӏенги.\nРецепт:\nЧӏегӏераб талганалъул сок – цо стакан Имбиралъул сок – цо стакан Ражидул сок – цо стакан (цӏияб ражидул цо килоялъул лъугьуна кӏиго стакан гӏеналъул). Лимоналъул сок – цо стакан. Гьоцӏо – кӏиго стакан.\nГьеб кинабго жубазабула ва сордо-къоялъ гӏодоб лъун тола, дагьабго беччизе. Кваналалде цебе яги кванан хадуб гьекъезе ккола гьеб даруялъул кӏи-кӏи кӏудияб гъуд (лъималазе – цо-цо гъуд). Къойида жаниб ун- къо нухалъ кванани, гьелъ иммунитет щулалъизабула.\n— Ковидалъ унтун хадуб черх щулалъиялъе щиб гьабизе кколеб?\n— Шайих Сайпуллагь-къадил (къ.с.) заманалдаги рукӏана вирусалги, лихорадкаги, вабаъги ва цогидал унтабиги. Накӏкӏигъотӏол букӏдулги гьалдезарун, гьелъул лъим гьекъезе лъикӏаблъун бихьизабун буго Сайпуллагь-къадил медицинаялда. Гьеб пайдаяб буго кванирукъалъеги тӏулалъеги. Пайдаяб буго гьадинаб рецептги:\nМиккил гъотӏол хъал – кӏиго стакан.\nГьалараб лъим – 11 литр\nГьалдезабула 15 минуталъ. Сордо-къоялъ гӏодоб лъела ва тӏаде бала «шток-роза желтая морщинистая» абураб (нижеца гьелда абула хурдузул парччахӏилан; цо-цояз абула цӏунцӏра-дахӏаянги) харил цо стакан, «полынь обыкновенная» абураб харил кӏиго стакан ва лъабго стакан гьацӏул. Гьеб багъарула ва лъабго къоялъ беччизе тола. Гьедин лъугьараб лъамалъидал бащдаб стакан гьекъела къойида жаниб ункъцӏул. Гьелъ кумек гьабула кванирукъалъ- еги тӏулалъеги.\nКванирукъги тӏулги камилго хӏалтӏулев чи къанагӏат гурони ун- туларо. Гьединлъидал лъагӏалида жаниб цоцӏулниги бацӏцӏад гьабизе ккола тӏул. Гьелъие пайдаяб рецепт буго лимоналъул сок, апельсиналъул гӏен, зайтуналъул нах, глауберова цӏам (ветаптекаялда букӏуна).\nЦцидал къвачӏаялъуб гамачӏ батани, гьаб дару гьабилалде анлъго къоялъ лъел бакӏалда гьекъезе ккола гӏечул сок. Анлъабилеб къоялъул сагӏат ункъоялда гьабула клизма (хинаб лъел литрги хӏалтӏизабун). Сагӏат анлъгоялда – глауберова цӏамул лъабго гъуд билъуна, лъел ункъо стаканги тӏаде тӏун, ва гьекъола цо стакан. Сагӏат анкьгоялда яги микьгоялде бащдаб хӏалтӏараб мехалда бахъула апельсиналъулги лимоналъулги сокалъул нус-нус грамм. Гьезде тӏаде тӏола зайтуналъул нахул 200 мл – кинабниги лъугьуна 400 грамм. Цадахъго гьекъела. Сагӏат ичӏгоялде бащдаб хӏалтӏараб мехалда гьекъола глауберова цӏамул кӏиабилеб порция; къаси сагӏат анцӏгоялда гьекъола глауберова цӏамул лъабабилеб стакан. Гьанже регула, гӏодор кӏусарал гӏадин. Риххел щвараб гӏадинаб хӏал букӏуна. Гьеб буго чорхолъа, ай тӏуладаса ва ццидал къвачӏиниса чороклъи къватӏибе бачӏиналъул асар.\nРадал сагӏат микьгоялда гьекъола глауберова цӏамул ахирисеб порция ва сагӏат анцӏгоялда – тӏадагьаб квен кванала (масала, белъараб пиринчӏ).\nБуго гьадинаб къагӏидаги: лъел 10 литраялъулъе бала санидул (барбарис) тӏогьилаб хъалалъул ункъо стакан. Анцӏила щуго минуталъ гьа- лизабула ва гӏодоб лъун тола сордокъоялъ. Гьедин гьабила лъабго ну- халъ. Гьебмехалда гьелъул лъугьуна тӏогьиллъи чӏвараб тӏулакьераб лъамалъи. Гьеб букӏуна кутакалда кьогӏаб жо. Гьеб цӏвизеги цӏун, тӏаде тӏола гьацӏул ва чӏегӏераб мучаридул (ганзиралъул – «черный тмин») нахул кӏи-кӏи стаканги 10 грамм мумиёги (аптекаялдаса гуро\n– тӏабигӏияб, гьеб бичула исламиял тукабазда). Къойида жаниб 3-4 гъуд гьекъола гьелъул – тӏокӏаб гьекъон бажаруларо, кутакалда кьогӏаб букӏиналъ. Гьелъ чӏвала чорхолъ ру- гел гӏемерисел вирусал.\nМумиё пайдаяб буго аллергия бугел гӏадамазеги. Гьалил цо мугьгӏанасеб мумиё хинаб лъел стаканалда гъорлъ багъарула ва гьекъола щибаб къойил, радал тӏаде рахъиндал.\nЦӏОДОРЛЪИ ГЬАБЕ, РУЧЧАБИ\n— Гьацӏул бакӏалда чакар хӏалтӏизабизе бегьуларищ?\n— Бегьуларо. Чакаралъ инсанасул черхалъе кӏудияб зарал гьабула. Абула, чакаралъ онкология хьихьулин. Чакрил гьуинлъиялъ гӏодобе ккезабула нилъер иммунитет. Нилъ ругьунлъун руго гьуинлъи кваназе. Нилъер умумузул бертабалъ букӏунаан гьанги, гьагӏуги, чедхинкӏги. Гьанже гьелги хисун, цере лъолел руго гьуинчадалги, торталги, конфеталги. Гьединлъидал гьабсагӏаталда инсанасул гӏумру къокъаб буго, унтаби гӏемерлъун руго. Гьабсагӏаталда дихъе рачӏунел унтаразул гӏемерисел руго онкология бугел гӏадамал. Гьел рачӏуна Турциялдаса, Белоруссиялдаса, Франциялдаса ва цогидал улкабаздаса. Гьелги рачӏуна, дица сах гьавурав чияс дир хӏакъалъулъ бицунебги рагӏун.\nЧӏужугӏаданалъул бищунго загӏипаб бакӏ буго керен, бихьинчиясул – поджелудочная железа. Гьеб кӏиябгоги ккола сах гьабизе захӏматаб бакӏлъун. Гӏемерлъун руго курмузул унти бугел руччаби. Жидедаго лъаларо гьезда, унти букӏин. Гьалмагъалъул, яцалъул УЗИ гьабизе араб мехалда, жиндиргоги гьабу- на ва батанин абула гьез. Гьебги буго чакаралъги пружинка бугел керен къалел жалазги ккезабураб унти. Чӏужугӏаданалъул буго хӏеренаб гьан. Пружиназ данде къалел руго кереналде рачӏунел бидурихьал, ай гьукъулеб буго биялда цадахъ гьелде рачӏунел черхалъе пайдаял нигӏматазе нух. Клеткабазе щоларо хӏажаталщинал микроэлементал.\nИнсанасул чорхолъ буго киданиги холареб ва тӏолабго черхалда ругел клеткабазе нухмалъи гьабулеб ункъо клетка: кӏиго бетӏералда (гӏадалнахул кваранабги квегӏабги полушариязда), цо клетка – рекӏеда ва цо – гьодил ахалъиялда (копчик). Аварагасул медицинаялда рекъон, гьезда гьоркьоса лъабго клетка хола, нилъ хварабго. Амма гьодил ахалъиялда бугеб клетка холаро, нилъго хвараб мехалдагицин. Кванирукъалдаги бакьаздаги ругел клеткаби хехго хола ва чӏагояз хисула: хвараб най чӏагояз тӏалаялъуса къватӏибе рехулебго гӏадин, сахал клеткабаз чорхолъа къватӏире ра- чахъула гьел. Каранда бугеб ва керен къалеб жоялъ бакъизабураб клеткаялъухъа бажаруларо хвараб клетка къватӏибе бачахъун. Гьединлъидал каранда ракӏарула хварал клеткаби. Гьел гӏемерлъула ва сверула онкологияб унтиялде – мастопатиялде. Гьелъие гӏиллаби гӏемер руго (масала, лъимадуе керен кьунгутӏи), амма аслияб къагӏидаялда унтаби цӏакъго гӏемерлъана пружинкаби ругел керен къалел жал раккаралдаса, ай эркенго би хьвадизе рес гьечӏолъиялъ.\nЯпониялда киданиги букӏинчӏо ва гьабсагӏаталдаги гьечӏо мастопатия абураб унти ккеялъул хӏужжа. Щай? Щайгурелъул гьезул руччабазе хӏакъираблъун рикӏкӏуна керен къалеб жо бай.\n— Мухӏамад-Расул, кинаб малъа-хъвай гьабилеб дуца руччабазе?\n— Киназего бокьула гьурмал берцинлъи цӏунизе, ботӏрол рас къачӏазе. Чӏужугӏаданалда рекъарабги буго гьеб. Амма батӏи-батӏиял кремалги шампунь-сапунги хӏалтӏизабилалде цебе лъазе ккола цо-цо баянал.\nИнсанасул тӏом буго цӏалкӏу гӏадинаб жо, ай гьелда руго гӏемерал картӏал. Гьел картӏахъан къватӏибе бачӏуна чорхолъ бугеб чороклъи, масала, гӏетӏалда цадахъ. Кидаго шампуналъ бетӏер чурулеб бугони, гьел картӏал рацула. Гьебмехалда мукъсанлъула гӏадалнахуе чара гьечӏого щвезе кколеб кислород. Гьелдалъун раккана цере цӏакъго къанагӏат гурони рукӏинчӏел ва гьабсагӏаталда медицинаялда сах гьарун бажаруларел унтаби – гидроцефалия ва микроцефалия, бидурихьал къварилъи, рекӏел бидурихьазе къварилъи ккей, бидурихьазул склероз. Дихъа бажарула гидроцефалиялдаса сах гьарун, амма микроцефалиялдаса бажаруларо.\nЛъикӏаб буго ретӏел чурулеб сапуналъ бетӏер чуризе. Жеги лъикӏаб буго мыльнянка абураб хералъ чуризе – гьеб бижула магӏарухъ. Гьелъул кьибилалъул букӏуна унго-унгояб сапналго гӏадинаб полоп, ретӏелги чуризе бегьула гьелъ. Расуе берцинлъи бокьани – чуре гӏабукӏалъул лъеца.\nРецепт:\nЦӏияб гӏабукӏалъул кӏиго кило, гьан ххунеб машинаялъ гӏисин гьабе. Гьелде тӏаде тӏе 13 литр гьалараб лъел ва щуго минуталъ гьалдезеги гьабун, сордо-къоялъ гӏодоб лъун те. Цӏвизеги цӏун, гьелде тӏаде жубай кӏиго стакан гӏечул къанцӏадул. Гьеб жо лъагӏалица холаро. Ретӏел чурулеб сапнаца чурараб бетӏер хулизе ккола гьеб лъамалъиялъ. Гьелъ рас бижизабула, хӏулизе ва хъахӏаб рас баккизе толаро, расалъул берцинаб кьерги лъугьинабула.\nГЬЕКЪЕЗЕ БЕГЬУЛАРЕБ, ЧЕРХ ЛЪАДАРИЯЛЪЕ ЦӏАКЪАБ\n— Цӏорораб лъим гьекъезе бегьулищ?\n— Аварагасул медицинаялда цӏорораб лъим лъикӏаблъун бихьизабун буго гӏицӏго лихорадка бугел гӏадамазе. Лихорадка ккола кутакалда цӏа-кан бахиналъул унти. Аварагас абулеб букӏана гьеб жужахӏалдаса бачӏараб унти бугин ва жужахӏалъул цӏа свинабулеб жо лъим бугин абун. Гриппалъ унтарав чи хӏалкӏун хинлъизавизе ккола: хинаб квен, лъим кьун, хинаб рокъов вегизавун. Лихорадка бугев чиясе кьела цӏорораб лъим гьекъезе ва тӏаде тӏезеги бегьула.\nКидаго цӏорораб лъим гьекъани, нилъер би бакъвалъула, бидурихьал чороклъула. Цо-цояз абула, жидеца кидаго цӏорораб лъим гьекъолин ва жидее щибго лъугьунеб гьечӏин абун. Жаниса турулел рукӏуна гьел, жидедаго лъачӏого.\nГьекъезе ккола чорхол температураялда рекъон кколеб лъим. Дир кӏудияв эмен Хъвекилав киданиги унтун гьечӏо (гьес бана 126 сон). Кӏалдиса цониги ца-гӏус бортун букӏинчӏо гьесул. Инсуцаги бана 102 сон. Гьес бицунаан, кӏудияв инсуца киданиги гьекъолароанила риидал иццухъа цӏураб лъим гьеб параялъго – дагьабго заманалъ гӏодоб лъун толаанила. Холодильникалги кондиционералги гьечӏеб заманалда инсанасул гӏумруги халатаб букӏана.\n— Цӏорораб лъеца черх чуризе бегьулищ?\n— Бегьула. Нилъер умумузги гьедин гьабулаан. Хасалоги чвахукь чвердолаан дир эмен. Хинаб лъеца чвердон ругьунав чиясе циндаго цӏорораб лъелъ чвердезеги бегьуларо.\nНИХА, ЛЮЦЕРНА – ДУЦАГО КВАНАЙ\n— Чакрил диабет бугев чиясе бегьулищ гьеб?\n— Чакрил диабет сах гьабизе кӏола.\nРецепт:\nЖух буссуна ва хъапустӏаналдаго гӏадин, рекъараб хӏалалда цӏамги бан, къачӏала. Щибаб къоялъ кваналалде сагӏаталъ цебе радал, къад ва къаси кванала гьелъул цо-цо кӏудияб гъуд. Гьедин гьабила кӏиго моцӏалъ.\nБигьародул (осина) хъалал квас гьекъаниги, чакрил диабет сахлъула. Хӏадурила гьадин: лъел лъабго литраялде тӏаде бала бигьародул хъалалъул цо стаканги гранаталъул сокалъул цо стаканги тӏола, кинабго жубазабула ва кӏиго анкьалъ тола беччаризе. Щибаб къоялъ багъаризеги ккола гьеб. Гьекъола кӏиго моцӏалъ, къойида жаниб лъабцӏул, бащдаб стакан.\nЧакрил диабеталъеги панкреатиталъеги пайдаяб рецепт: Ниха (мугь) – ункъо кӏудияб стакан Гъаран (хьонги, бегьула жибго херги) – ункъо стакан Лъим – 17 литр Лъолъол нах – цо стакан Лъелъ билъараб мумиё – 15 грамм Гранаталъул сок – анлъго стакан Кинабго жубазабула ва тола лъабго анкьалъ беччаризе, щибаб къоялъ багъарила. Цӏвила ва гьекъела лъел бакӏалда.\n— Гӏемер бицунеб рагӏула люцерна даруяб бугин абун…\n— Северияб Африкаялда ругел улкабазда (Ливия, Алжир, Эфиопия, Марокко, Судан, Египет) гьечӏо «инсульт» абураб унти. Гьелда хӏикмалъун рукӏана нилъер улкаялъулги цогидал пачалихъазулги гӏалимзаби. Гьелъие гӏиллалъун батана, нилъеца гъаран, петрушка ва квание тӏагӏам кьолел цогидал жалго гӏадин, кванилъ гьез люцерна хӏалтӏизаби. Гьелъул гьабула чай, салат, бала чурпадулъе ва цогидал кванил нигӏматазулъе. Гӏалимчи Олег Панковас хъвалеб буго, люцернаялъ гӏажаибго бацӏцӏад гьабулин ва лъамалъизабулин бийилан абун. Сагӏудиязул вуго Гӏабдурахӏман Сакъафи абулев тохтур-академик. Гьесул буго медицинаялда гьабураб 250 цӏирагьи. Гьес тӏубараб тӏехь хъван буго люцернаялъул хӏакъалъулъ.\nЛюцернаялда гъорлъ гӏемер буго белок, гьединлъидал гьеб кьариял чагӏаз хӏалтӏизабизе лъикӏаб гьечӏо – гьединаз гьекъезе бегьила гьелъул гьабураб чай. Гьеб тун батӏияб дандеккунгутӏиги гьелъул гьечӏо. Хӏалакъал чагӏаз гьеб кваназе бегьула, гӏачияз хер гӏадин. Цӏияб люцернаялъул салат, чурпа гьабизе бегьила, хӏалтӏизабула бакъварабги.\n— Зоб бугев чиясе кинал хурдузул пайда букӏунеб?\n— Интернеталдаса тӏибитӏизабула зоб бугев чияс цӏулакьодул чинква хӏалтӏизабеян абун. Цӏулакьоялдаги гьелъул чинкваялдаги йод гьечӏо – гьениб буго дубильное вещество, краска. Цӏулакьодул тӏанхил чай пайдаяб буго мегӏерччин, цӏакан бахун бугони. Гьелда гъорлъ руго гӏемерал витаминал.\nБуго «Дурнышник» абураб хер (дурман гуро – дурнышник; цо-цояз гьелда абула хъутадул херилан). Гьелда гъорлъ буго зобалъе гӏолареб йод. Кинаб бугониги зоб сах гьабула дурнышникалъ.\nРецепт:\nГӏисин гьабураб дурнышникалъул цо гъудалде тӏаде тӏола гьалараб лъел кӏиго стакан ва сагӏаталъ тола. Цӏвила ва гьекъела кваналалде цебе: тӏоцебесеб 20 къоялъ –ункъо нухалъ, хадусеб 20 къоялъ – къойида жаниб лъабцӏул ва гьелдаса хадубги 45 къоялъ – къойида жаниб кӏицӏул.\nДурнышникалъул хер букӏуна дагьабго хъачӏаб, хӏунсулареб. Гьеб гӏемер бижула Дагъистаналда. Базаралдаса босулеб мехалда мухӏкан гьабизе ккола. Дихъе ячӏарай цо гӏаданалъе базаралда кьун буго дурнышникалъул бакӏалда дурман (загьруяб хер).\nЙод цӏикӏкӏун бугезе дурнышник бегьуларо – хӏалтӏизабула «Омела белая» абураб хер. Гьелъ холестерин инабула чорхолъа.\n— Чӏегӏераб карудал (туталъул) тӏанхазул пайда бугищ?\n— Аварагас (с.т.гӏ.в.) кваналаан кари (тут). Тӏанхазул лъим пайдаяб буго лихорадка бугел ва риххел щварал гӏадамазе.\n— Ругънал тӏамахалъ (подорожник) кванирукъалъул язва сах гьабулищ? — Кинабго бараб буго хӏалтӏизабизе лъаялда. Ругънал тӏанхил гьаризе бегьула цӏурачадал, цӏурахинкӏал. Гьелъул тӏамах буссинеги буссун, тӏаде цо дагьабго гьоцӏогун зайтуналъул нахги тӏун, багъаризеги багъарун кванани, жеги хехго кумек гьабула гьелъ кванирукъ (язва, гастрит, колит, энтероколит, дуоденит ва гь.ц.) сах гьабиялъе.\nМухӏаммад-гӏарипил (къ.с.) дару буго гьадинаб: Шток-розаялъул гӏисин гьарурал тӏугьдузул цо гъудалде тӏаде тӏола лъел кӏиго стакан (гьалараб гуребха – гьадингояб) ва тола кӏиго сордо-къоялъ. Цӏвила ва гьекъела къойида жаниб ункъо нухалда бащдаб стакан.\nМагӏарулазул гӏадат буго, дагьабниги мадар лъугьиндал, дару гьабичӏого чӏола. 40 сон базегӏан хурдузул дараби гьаризе ккола тӏубараб моцӏалъ; 40 соналдаса тӏаде арав чияс – 40 къоялъ.\n— Гӏанкӏудал гьан нилъее пайдаяб букӏунищ?\n— Дуцаго рокъоб хьихьараб бугони, гӏанкӏудал гьан гьукъараб гьечӏо. Фабрикалда гьел гӏезарула диоксид абураб порошок гъорлъ бараб квенги кьун. Гьединаб гӏанкӏуялъул гьан гӏемер кванарав чиясулъ ккола генетикиял хиса-басиял.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "13071-vaktsina-gabize-kkela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13071-vaktsina-gabize-kkela", "title": "Вакцина гьабизе ккела", "date": "2021-07-22 13:45:02", "categories": ["vakcina"], "text": "Коронавирусалъ унтарал чагӏи гӏемерлъулел рукӏиналда бан, республикаялда киназего вакцина гьабизе ккеялъул бицана ДРялъул бетӏерав санитарияв тохтур Николай Павловас.\nАхираб заманалда цӏакъго гӏемерлъун руго унтарал. Масала, цебе моцӏида жаниб 797 чи унтулев вукӏун ватани, гьанже гьеб къадар 1380 чиясде бахун буго.\nПрививка гьабизе тӏадаблъун гьабун буго сахлъи цӏуниялъул, лъай кьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазда, даранчагӏазда, квана-гьекъолел бакӏазда хӏалтӏулел чагӏазда, транспорт бачунел гӏадамазда, СПА-салоназда ва гьел гурелги гӏемерал гӏадамал данделъулел бакӏазда хӏалтӏулезда.\n65 ва цӏикӏкӏун сонал раразда лъазабуна рокъор чӏайин.\nГьединго хӏажат гьечӏого тӏаде-гъоркье инчӏого чӏаниги лъикӏаб букӏинин абулеб буго санитарияв тохтурас."}
{"slug": "13082-k-arakh-gun-keserukh-l-alkh-arab-zaman", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13082-k-arakh-gun-keserukh-l-alkh-arab-zaman", "title": "Къарахъгун Кьесерухъ лъалхъараб заман", "date": "2021-07-23 07:36:20", "categories": ["magiarukh"], "text": "Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз сапар бухьана хӏасратго ахӏулеб кечӏ-бакъаналъул ватӏан, махщел тӏокӏал къадахъабиги бергьараб гьунаралъул гӏалимзабиги жаниб рахъараб Чӏарада районалде.\nСалам кьуна къаралазул некӏсиял росабазе, асир гьаруна кьесер мухъалда ругел умумузул басриял минабаз. Цебе чӏезабуна гьезул захӏматаб яшав, хӏайран гьаруна берцинаб тӏабигӏаталъ. Зиярат гьабуна бергьарал гӏалимзабазул ва тӏарикъаталъул машгьурал шайихзабазул зияратазде. Цӏидасанги хӏухьел ккун гӏенеккана гӏагараб ракьалъухъ, хӏохь бан гьекъана тӏадмагӏарухъан бурун бачӏунеб цӏорораб иццул лъим… Кӏиго къоялда жаниб гӏемераб жоялда берчӏвана, ракӏалде щвана цебего кӏочонтанщинаб, гьайбатабщинаб, баракатабщинаб. Жакъа нилъее цӏакъго хӏажат бугеб, магӏарухълъиялъул махӏги, рухӏги, инсухълъиялъул рухӏияб къуватги чорхолъе рещтӏун, цӏидасан рачана лъимерлъиялде, батӏияб, берцинаб дунялалде.\nЖакъасеб номералда хӏаракат бахъила Чӏараде гьабураб сапаралдаса бищун аслиял лахӏзатазул бицине.\nЦӏуриб, сахлъи цӏунулелгун накъиталда\nГӏумархӏажи Шахтамановас кӏочӏолъ абухъе, «Аваргӏурухъе, инсухъе вас гӏадин, гӏедегӏун бачӏунеб» Къарал гӏурул рагӏалчӏван эхеде рачӏунел ниж, къалъудаса хадур рещтӏана Чӏарада районалъул центр Цӏуриб росулъ. Райбольницаялъул азбаралда нижеда дандчӏвай гьабуна бетӏерав тохтур Къурбан Рамазановас ва гьесул хӏалтӏухъабаз. Ниж рачӏиналъухъ ралагьун ратана гьел. Хъваш-баш гьабун бахъиналде, жиндирго кабинеталде рачана гьес гьалбал. Гьениб кӏудияб столалда гьарзаго тӏибитӏун букӏана квен-тӏех. Сапаралда ругел чагӏи ракъун рукӏунин, столалде нахъе къабул гьаруна Къурбан Мухӏамадовичас. Гьениб лъай-хъвай ккана 1966 соналдаса нахъе кӏудияв терапевтлъун хӏалтӏулев Гӏимран Мухӏамадовасулгун. Цӏакъ хабар гьуинав, гӏумру бихьарав, кӏудияб махщалил хӏалбихьиялъул инсан вугоан.\nЛъикӏаб тадбирги, гӏадлу-низамги бугин тана дица Цӏуриб райбольницаялда. Гьеб нижее тасдикъ гьабуна гӏолохъанал тохтурзабазги. «Земский доктор» абураб федералияб программаялда рекъон, гӏолохъанал васалгун ясал (17 чи) руго жакъа Чӏарада райбольницаялда хӏалтӏулел. Гьелгун гара-чӏварана.\nМахӏачхъалаялда гьаюрай ва гӏурай Гӏабидат Шамилова «Земский докторлъун» Цӏурие хӏалтӏизе ячӏана 2013 соналъ. Гьеб программаялъул болжал лъугӏаралдаса анлъабго сон баниги, гьаниса нахъе инеги ракӏалда гьечӏо гьелда\n— Тохтурлъун яхъине анищ букӏана дир кидаго. Гьеб гуреб батӏияб махщалида нахъа дунго йихьулароан. Гьитӏинаб мехалъги кидаго ясикӏаби сах гьарулей, гьел кьущалей йикӏунаан. Хадуб дица байбихьана гьабзазе, кутузе, хӏанчӏазе дараби гьаризе. Гьедин ячӏана дун тохтурлъиялде, — ян бицана Гӏабидатица.\n— Тохтурлъун хӏалтӏизе захӏмат бугищ жакъасеб дунялалда?\n— Лъикӏаб суал буго (елъулаго). Тохтурлъун хӏалтӏизе захӏмат гьечӏо, гьев берцинго хӏалтӏизе танани, амма жакъа нилъер гӏадамал цӏакъ согӏлъун руго, гьезул ракӏал хъачӏлъун руго. Смартфоназдагун, компьютеразда нахъаги рахчун, гьезие цӏакъ бигьаго буго, соцсетаздаса чороклъи тӏибитӏизабизе, тохтурасде чи ккогегиян, гьел гӏадамал чӏвалел чагӏи ругилан, инжитал харбал риччазе. Битӏараб буго, тохтурасухъе черх ккогеги, чияр цӏобалде рукъ ккогеги ян абураб кици буго умумузул, амма нижги батӏаго унтун, чара къосиналъ гӏадамал нижехъе ккагиян, Аллагьасде гьардолел рукӏунарелъул. Ккун хадуб гьел сах гьаризе рухӏги жанги кьун рукӏуна, амма гьеб бичӏчӏулел гӏадамал дагь рукӏин бихьулеб буго, — ян бицана нахъойги Гӏабидатица.\nПандемиялъул заманалда жидер гьанив щивниги хвечӏиланги тӏаде жубана гьелъ кӏудияб разилъиялда.\n2016 соналъ медакадемияги, хадуб интернатураги лъугӏун хӏалтӏизе ячӏана гьение Мухӏамадова Асиятги. Гьелъулги контракт ахиралде щолеб буго, амма Цӏуриб ракӏ рекъон бугин бицана гьелъ:\n— Битӏараб бицани, дие тӏоцебе тӏириниги бокьун букӏинчӏо гьание хӏалтӏизе ячӏине. Мугӏрузул росулъ бугеб больницаялде йитӏулей йигин бициндал, дагьай рахӏатхунцин йикӏана. Нилъедаго лъаларищха, росдал цӏар бахъарабго гьанжесел, дунго гӏадал гӏолохъабазул рукӏунел ассоциациял. Шагьаралда гӏадал квегӏенлъаби, цивилизациялъул «рахӏатал» гьечӏеб бакӏалде ине хвезе гӏажалгӏанги бокьуларого рукӏуна гьел. Гьединго йикӏун ятила балатӏаго дунги. Амма гьанже дун гьаний ругьунлъана, лъикӏаб ракӏрагьараб коллективги буго, иманалъул цӏураб ракӏалъул бетӏерав тохтур Рамазан Мухӏамадовичги вуго. Гьанийго чӏела, Аллагьас хъван батани.\n— Гъоркьисала, пандемиялъул заманалда цӏакъго къо бихьанищ?\n— Гьеб мехалъ дун декреталъул отпускалда йикӏана, гьединлъидал дида гьеб хъатӏичӏо. Дуда лъанила рокъой чӏезе кколеб мехилан дие махсараби гьарулел алги рукӏана (елъулаго). Захӏматаб дие букӏана тӏоцебесеб сон. Жеги щиб кинали лъаларого, гъорлъе кколарого гӏадин йигей дун лъалареб жо гьикъизе йортулаан чӏахӏиял коллегабазухъе. Азарабго баркала буго гьезие, — ян разиго абуна гӏолохъанай тохтуралъ.\nБетӏерав тохтурасул заместитель Гӏабдула Шабановасул умумул ккола Кӏулзеб росулъа. 1944 соналъ Чачаналде гочинабун букӏана гьезул росуго. Нахъвуссун магӏарухъе щивниги вуссинчӏо, гьезул жамагӏат паракъалъана Гъизилюрталда. Гьенив гьавуна ва гӏуна Гӏабдулаги. 2014 соналъ вачӏана гьев Цӏуриб больницаялда хӏалтӏизе. Сабураб каламалъул, иман бугев гӏолохъанчи вуго Гӏабдула. Жиндирго хӏалтӏиги лъикӏго лъалеб бугоан гьесда.\n— Дун ккола нижер Кӏулзеб росулъа ватӏаналде нахъвуссарав тӏоцевесев чи. Аллагьас хъван батани, инсул росулъ умумузул букӏараб мина цӏи гьабизе ракӏалда буго дида. Хьул буго дида хадур рилълъун, цогидазги мисал босилилан.\nБольницаялда нижер щивас гьабулареб хӏалтӏи букӏунаро. Махщелчагӏи дагьал гурони гьечӏолъиялъ, цояв цогидас хисун, бокьараб хъулухъ тӏубазе хӏадурго рукӏине ккола. Жакъа унтабиги гӏемерлъун руго, унтуцаги херавин, бахӏаравин тӏасавищулев гьечӏо. Хасго гӏолохъабазда гьоркьор захӏматаб гӏузру бугел чагӏи цӏикӏкӏунел руго, — ян бицана Гӏабдула Шабановас.\nГьединго нижергун накъиталде гъорлъе жувана Гӏириб росулъа гӏолохъанав хирург Гӏабдулнасир Аталовги. Анкьго сон буго гьесул Чӏарада райбольницаялда хӏалтӏулев. Цохӏо гьев гурони, тӏокӏав хирург гьечӏо жакъа Цӏуриб больницаялда.\nСахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазда аскӏоб саламатаб заманги бан, райцентралда бугеб музеялдеги щвана. Гьенирги щибаб некӏсияб тӏагӏелалъ пана гьарунги хутӏана, таманал сураталги рахъана. Умумузул пуруц-рукьалдаса байбихьун, цӏулал гӏучӏалтӏамазде гӏунтӏун, гьениб камураб алат-квараги букӏинчӏо. Бечедаб музей буго Цӏуриб. Амма халатккун заманалъ гьенир лъалхъизе рес букӏинчӏо. Ниж гӏедегӏун рукӏана Цӏулде.\nИмамасул мирза, гӏакълучи ва гӏалимчи\nЧӏарадисезул Къарал мухъалда бугеб Цӏулда росулъе щвезе цебего бокьун букӏана. Кӏудияв Шамил имамасул мирза, сапарцояв гьалмагъ, гъазаватазул чӏагояв нугӏ, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил ватӏаналде щвана гьале исана. Амма цин гьенире рахиналде ниж рещтӏана нухда батулеб Улъухъ абураб гьитӏинабго росулъ. Гьениб буго 1776 соналъ бараб басрияб мажгит. Дагьал церегӏан къояз фейсбукалда лъун, бихьун букӏана гьелъул сурат.\n245 соналъ цебего бараб куцалда, щибниги хисизабичӏого цӏунун буго гьеб мажгит. Гӏицӏго чӏабаралда тӏамурал тӏансаби рукӏана цӏияб гӏасруялъул гӏаламат гӏадин. Хутӏарабщинабго гьададинго цӏунун буго. Гьелъ кӏудияб асар гьабуна нижее киназего. Суннатаб кӏиго ракагӏатаб какги бана, сапаралда вугев чиясул дугӏа нахъчӏваларилан абураб аварагасул хӏадисги ракӏалде щун, дугӏа-алхӏамги гьабуна.\nБасрияб росу буго Улъухъги, ниж гьенир ругебгӏан заманалда жаниб гӏадамасда берги чӏвачӏо, гӏанкӏу-хӏелеко гӏанасебги рухӏ бугеб жоги бихьичӏо. Сихӏкъотӏи бугоан къаралазул басрияб росулъ. Амма гьеб сихӏкъотӏиялда жанибги кӏудияб къуват букӏана. Гӏасрабазул гьаракь рагӏулеб букӏанин ккола гьенив вугеб минутаз. Умумузул заман цебечӏезабизе бокьарав чи къаралазул росабалъе гӏедегӏизе бегьула. Гьениб щибниги хисун гьечӏо. Нус-нус соназ цебе тӏадмагӏарулазул букӏараб яшавалъул сурат якъинго цебе чӏола гьениб.\nПикрабаз киве дун вачарав? Цӏулде гурищ дун гӏедегӏун вукӏарав. Хъил течӏел нухаздасан гьаругьин унеб джипалъ бигьаго толеб букӏана нух нахъа. Гъоркьехун букӏана жеги гьитӏинаб лъарал сураталда чвахун унеб Къарал гӏурул сас. Рикӏкӏада букӏаниги, якъинго бихьулеб букӏана Нухъакь мегӏерги. Гьелъул гъугъдузда гъорлъан лъола байбихьи Къарал гӏуруца. Хъатинир лъурал гӏадин нижеда цере рукӏана Гьочоб, Сачада, Гьачада, Дусрахъ росаби.\nРосдал рагӏалда чӏун балагьани, цӏакъ берцинаб росу буго Цӏулда. Жанире лъугьун рахъиналде квегӏаб рахъалда ругел росдал хабзалалъ бихьана тӏадги бараб гӏурччинаб кьералъул гьитӏинабго рукъ. Суал кьечӏониги, бичӏчӏулеб букӏана гьеб Мухӏаматӏагьирие зияраталъе бараб рукъ букӏин. Живго хвелалде бичун босун буго гьес росдал хабалалъ живго вукъизе бакӏ. Зияраталъул рукъалда цебе буго машгьурав имамасул мирзачиясе чӏвараб цӏахӏилаб зани. Аскӏовго вукъун вуго гьесул вас Хӏабибуллагь-хӏажи ва гьесулги вас Гӏабдурахӏим.\nЦӏулда росулъ жакъа гӏумру гьабун вуго Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил анлъабилеб наслуялъул вакил Гӏабдула-хӏажи Гӏабдулаев. Гьес рачана ниж машгьурав кӏудаинсул зияраталдеги.\n— Мухӏамадтӏагьирил цо гурони вас вукӏинчӏо – Хӏабибулагь-хӏажи, гьесулги цохӏо вас вукӏана — Гӏабдурахӏим. Гӏабдурахӏим ккола дир кӏудаинсул эмен. Дир кӏудаинсул абуни, дир эменги малълъун, лъабго вас вукӏана, — ян бицана Гӏабдула-хӏажица .\nГӏумархӏажи Шахтамановасул «Мугӏалимги мутӏагилги» абураб тӏехьалдаги бицен гьабун буго Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил:\n—Цудунаб хасалихълъиялъул гӏуж букӏана. Рогьалил гӏужалъ гьавугьинан кӏиго рекӏарав вукӏана Рихьуниве щолев. Цебе бугеб чода тӏад рекӏарав — хъахӏаб мегежалъул, гӏурччинаб чухъаги ретӏарав, херлъиялде ван вугониги, жеги къамартӏго ккураб черхалъул чи, чол кьолонив ругьунав вугилан лъицаниги абуни, гьев мекъи ккеларо. У, цебе-цебе бугеб чода тӏад гьабсагӏат Рихьуниве щолев херав вукӏана Къарахъа Мухӏаматӏагьир. Гъазаваталъул соназ имамасул гъеж ккун гӏемерал соназ хьвадарав гьесул мирза. Лъеберго сон ана имамас Тӏасагъуниб гьесулгун къо-лъикӏ гьабуралдаса.\n«Дир ярагъ, Мухӏамадтӏагьир, цо букӏана, гьале гьаб хвалчен. Жакъа дица гьабги лъалиниб лъолеб буго. Мунин абуни ккола кӏиго хвалчадул бетӏергьан. Хвалченги лъалиниб лъун, гьанже дуца къалам бегӏере. Хъвай дуца гьаб мугӏрузда лъугьараб хӏакъикъат. Бице наслабазда кин нилъ рагъаралали, хӏарп гьоркьоб биччачӏого киналго гъазаватазул хӏакъикъат рагье гӏадамазе», — ян абула имамас ратӏалъулаго.\nГьедин хъвана Шахтамановас.\nГьелъул хӏакъалъулъги хабар ккана Гӏабдулла-хӏажилгун. Хъвадарухъабазе хасиятаб жо ккола художествияб асар бечед гьабизе, чиясул сипат сурат гьединаб къимат кьей.\n— Хӏакъикъаталдайин абуни, гьеб тӏехь («Цо-цо кьалда имамасул хвалчадул паркъи»), Шамил жеги гьанив вукӏаго хъвазе байбихьун буго гьес. Нартил чирахъул канлъуда гъоркь — Имамас бицунеб букӏун буго, гьас хъвалеб букӏун буго. Мухӏамадтӏагьирил квералъ хъвараб, цохӏо гурони экземпляр гьечӏеб гьеб тӏехь тӏагӏун букӏана росулъа. Гьанжегӏагар щвана дихъе гьеб кодобе. Гьанже Аллагьас хъван батани, ракӏалда буго печаталдаги кьабун, цӏидасан биччазе, — ян бицана Гӏабдуллагь-хӏажица.\nШамил Дагъистаналдаса ун хадуб, 1860-1880 соназда Темир-хан Шурав къадилъунги хӏалтӏун вуго Къарахъа Мухӏамадтӏагьир.\n— Гьел соназулги цо чӏванкъотӏараб баян гьечӏо. Цо бакӏалда къого соналъ хӏалтӏанин хъван, цогидаб бакӏалда батӏияб тарих буго. Кин батаниги, жиндаго тӏадкъараб хъулухъ ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна гьес. Темир-хан Шурав къадилъун хӏалтӏулевгӏан заманалда жаниб гьес жиндиего квен рокъоса баччулеб букӏун буго, — ян бицана гьесул наслуялъул вакил Гӏабдуллагь-хӏажица.\nИмамасда цадахъ вугел соназ Шамилица гьев Гьочовеги витӏулев вукӏун вуго къадилъун. Амма кинго разилъуларого вукӏун вуго Мухӏамадтӏагьир. Ахирги гьес абун буго Шамилида жив инин гьениве къадилъун, амма жиндир цо шартӏ бугин. Нагагь мун Гьочове вачӏани, мун цониги нухалъ жинда рещтӏунгутӏизе. Щайилан гьикъани, балагье, имам тӏад рещтӏунев чи вугилан гӏадамаздаги рагӏун, диего цӏар-рецц щвезе бокьиларилан абураб пикруялъ.\nЯрагъги бан, имамасда тӏаде ине изну бугев чи цохӏо гьев вукӏун вуго дол соназ. Гьединаб мегӏергӏан борхатаб даражаялъул чи вукӏана имамас жиндаго аскӏов цӏунун. Кидаго цадахъ баччун мусруги букӏунаанила гьесда. Щай дуца аб цадахъ босулебин гьикъидал, Мухӏамадтӏагьирица абун буго: «Дун цо халатав, хӏалакъав, гьури бахъани, рехун унеб гӏадаб къаркъалаялъул чи вуго, божи гьечӏев, гьелъ баччун букӏуна дица мусру цадахъ».\nИнсулги васасулги кӏиго батӏияб даража\nГьединабго тӏабигӏаталъул чи вукӏана гьесул вас Хӏабибуллагь-хӏажиги. Диналда кутакалда тартибги, рацӏцӏа-ракъалъиги цӏунарав, цӏакъ гӏелмуялда гӏамалги рекъарав инсан вукӏун вугин бицана гьесул хӏакъалъулъ Гӏабдуллагь-хӏажица.\nМажгиталда аскӏоб гӏадин букӏун буго гьазул мина. Как ахӏизе унев чи, Хӏабибуллагь, рокъорго хьиталги тун гӏицӏго унев вукӏун вуго мажгиталъул тӏохде. Ай, как базе мажгиталде жаниве тӏаса хьиталги рахъун гурони ине бегьуларин абураб адаб цӏунун буго гьес, ракьул тӏохде тӏаде унагоги. Гьеб мехалъ абун буго Мухӏамадтӏагьирица гӏелмуялъул рахъалъ вас жиндеги вахинчӏин, диналъулъ варагӏ цӏуниялъул рахъалъ васасде живги щвечӏин абун.\nКутакалда хатӏ берцинав чи вукӏиналъ Хӏабибуллагь-хӏажица гӏемерал гӏелмиял тӏахьал хъвалел рукӏун руго. Гьедин щакъиялъе лъим босизе мажгиталдаса рокъове унев вукӏун вуго гьев. Рокъове инчӏого, мажгиталъул хӏавузалъуса щайин дуца лъим босуларебин цо нухалъ гьесда гьикъидал, гьес кьураб жавабалъул камиллъи бихьизе, гӏенекке: «Щакъи гьабизелъун, мажгиталъубе чвахулеб лъим дица харжги гьабун, какичуризе вачӏунев чиясе гьелъул цо къатӏрагицин камуни, къиямасеб къоялъ дица жаваб кьезе ккола», — ян. Гьединав камилаб тӏабигӏаталъул чи вукӏун вуго Мухӏамадтӏагьирил вас Хӏабибуллагь-хӏажи.\nЦӏулда росулъ гьединго цӏунун буго машгьурав Къарахъа гӏалимчиясул мина, гьесул хӏужра-рукъ. Шкафалъур цӏунун руго Мухӏамадтӏагьирил квералъ хъвараб 112 гӏанасеб тӏехь. Гьезул щибалда тӏад буго гӏалимчиясул жиндирго хасаб мугьру. Гьезда тӏаде къулизеги щвана. Бокӏнилъ, берцинго гьабураб гъутухъалда жаниб цӏунун буго имамас гьесие сайигъат гьабураб хвалчен. Мухӏамадтӏагьирица квализарурал алатал, гьесул кверзул рагъа-ракариялда хадуб хал ккураб ункъабго къедалъ гӏемераб балъголъи гьурщилаан нижее, кӏолебани. Гьединал пикрабаз кверде восана Цӏулдаса кӏудияв гӏалимчиясул хӏужра-рокъов вугеб минутаз.\nРукъалда гъоркь буго вас Хӏабибуллагьица жиндирго квералъ бухъун гьабураб, халваталда чӏезе унеб букӏараб рукъги. Эмен хун хадув, щибаб лъагӏалида жанив 40 къоялъ халваталда чӏезе унев вукӏун вуго гьев, хоб гӏадин гьабураб гьеб рокъове жаниве. Рухӏкквеялъе тӏагӏамги кванан, цо-цо каки чури цӏигьабизе тӏадеги вачӏун, моцӏги анцӏго къоялъги, гьев лахӏдугӏан бецӏаб гвандиниве лъугьунаанин бицана Гӏабдуллагь-хӏажица.\nЩвана ниж гьединго Мухӏамадтӏагьирил цӏаралда бугеб музеялдеги. Гьениб жаниб цӏунун бугебщинаб жоялде бер щвезабун бахъунарого рукӏана ниж. Заман иналъ чӏегӏераб кьер рехарал гӏелмиял тӏахьазул цӏураб шкаф бугоан гьенибги.\nГьединабго шкаф буго 335 сон бараб Цӏулда росдал мажгиталъубги, гьенирги руго тӏахьал. Кинабниги, росулъ бугеб анкьго библиотекаялъуб жакъа цӏунун ругин 800-ниги тӏехьин бицана Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил цӏаралда бугеб музеялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Темирбутӏа Темирбутӏаевас.\nЖиндир заманалда Цӏулда росулъ вукӏанин ункъабго мазгьабалъул бокьараб суалалъе жаваб кьун бажарулев 53 гӏалимчиян гьес бициндал, цӏоро-гъорон хутӏана ниж. Къаралазул мугӏрул тӏогьиб бугеб гьитӏинабго росулъ исламалъул гӏелмуялъул тӏубараб центр букӏун бугин абураб пикруялъ асир гьаруна киналго.\nКъарахъа Мухӏамадтӏагьирил гӏелмияб ирсалъги, гьесул рухӏияб бечелъиялъги гьабураб асарги рекӏелъ цӏунулаго, бакъ тӏерхьунеб гӏужалъ къо-лъикӏ гьабуна нижеца машгьурав магӏаруласул инсул росугун.\nНижер сапарцояв гьалмагъ, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Ибрагьимил Мухӏамадил (Мухӏамад Мухӏамадов) ватӏан, Рулдаб росулъе щвана ниж къаси сордо базе. Гьесул курсцояв Бакълъухъа Хӏажица мандолинаялда ахӏулеб кочӏоца панаги гьарун, Мухӏамадил вацасул лъади Мадинаца гьарурал хинкӏалги кванан, мугӏрузул бацӏцӏадаб гьаваялъги гӏорцӏун, регизе рилълъана.\nГьайбатаб тӏабигӏаталъ сверун ккун буго Рулдаб.\nУнкъо хӏафизазул нуралъул канлъухъ — Багинуб берцинаб сихӏкъотӏи буго\nГӏириб рузманалъул какги бан, къалъудаса хадур Багинубе сапар бухьине ният ккана нижер. Накъшубандияб тӏарикъаталъул шайих, хӏафиз Багинуса Шугӏайб-афандиясул росулъе щвезе хиял лъуралдаса чанго сон ун букӏана.\nРулдаб росуго гӏадин, ралъдал гьумералдаса гӏемерго борхатаб бакӏалда буго Багинубги. Килщазда рикӏкӏине цӏараки хутӏун буго гьенибги жакъа, микьго хъизамалъ гурони цӏа бакуларо гъасда. Гьоркьохъеб школа къаралдаса 15 сон бугилан бицана гӏемерал соназ учительлъун хӏалтӏарав Муса Забихӏовас. Гьанже гьениса (Багинуса) цохӏо яс хьвадула Магъар росулъ бугеб гьоркьохъеб школалде. Амма бащдаб чӏунтӏун бугониги, устарасул баракаталъ батила, лъикӏаб чӏаголъиги, иман буголъиги загьирлъулеб букӏана гьитӏинаб росулъ.\nБагинуре щвелалдего, нижеда дандчӏвазе рахъун ратана Мусаги гьесул хъизан Патӏиматги. Росулъе жанире раккулаго буго устарасул зияраталда цун бараб мажгит.\nШугӏайб-афандиясда аскӏор гьенир рукъун руго цӏикӏкӏарав вас Мухӏамаднабиги, гьесул яс Написатги, гьелъул вас, цӏадул унти багъарарабго 10 сонил ригьалда хварав гьитӏинав Ахӏмадилги. Устарасул ва кӏудияв вас Мухӏамаднабил хобазда гьоркьоб буго Шугӏайб-афандил хадусел васал Ахӏмадие, Гӏабдуллае ва Гӏабдулвагьабие бараб зиярат. Гьел лъабазулго хоб росулъ гьечӏо. Коммунистазул «репрессиязул жул» магӏаруллъиялдаго бахъулеб 1937 соналда ятабалъ Сибиралде ритӏарал гьезул цонигиял нахъруссинчӏо.\nТӏарикъаталъул кӏудияв шайих Шугӏайб-афандиги гьесул ункъавго васги рукӏана хӏафизал. Жиндир баракат щваяв устар накълулъана 1909 соналъ. 56 сон гурони гӏумруялъул кьечӏониги, гӏалам бахилал тӏахьалги хъвана гьес. Нус-нус мурид битӏараб нухде тӏовитӏана гьес. 32 сон гурони гӏумруялъул гьечӏев чи хвана гьесул бищун кӏудияв вас Мухӏамаднабиги.\nЦӏенеб росулъ имамлъун вукӏарав гьесда макьилъ бихьула Багинуб живго жанив гӏураб мина тӏатӏала ккун биххун инеб. Жиндие рокъове вуссине бокьун бугила абула гьес макьилъ инсудаги.\nРокъове вуссине къотӏи батичӏого, Цӏенеб росулъ къадаралде щола Мухӏамаднаби. Инсуда аскӏов гьев вукъулеб къоялъ, лахӏдоялъуб лъураб гьесул жаназаялда тӏад гургинаб нур чӏун букӏанин бицуна росдал гӏадамаз. Лъиданиги кӏоларо гьесда тӏаде ракь хъвазе. Ахирги бищун гьитӏинав вац Гӏабдулвагьабица «Иннаанзалнагьу» бисмиллагьги цӏалун, хьвагӏула гьесде тӏаде ракь. Амма тӏаде ракь хъван лъугӏизегӏан нур тӏагӏунаро.\nГьелдаса хадур ккун рачуна уна гьесул вацалги. Гьединаб пашманаб къиса ккана тӏарикъаталъул бергьарав устар Шугӏайб-афандил васазул. Живгоги гьев Цӏоралда вукӏаго, хвалил унтиги чӏван, рокъове нахъвуссунаго, нухда хола. Лъебалазул ракьалда, Къамилухъ росдада гӏагарлъухъ тӏокӏав чода рекӏун цевехун ине кӏолареблъи бичӏчӏидал, гъоркье рещтӏуна шайих. Жив кӏудияб сапаралъ хӏадурлъулев вугин, тейилан абула цадахъ рукӏараздаги. Гьединги абун, ясин цӏализе бабйихьула. Ясин цӏалун лъугӏиялде данде рухӏги босула гьев мубаракасул. Гьеб букӏана 1909 сон. Гьениса вахъарав цӏулал молодаги лъун восула баркат щваяв Шугӏайб-афанди росулъе щвезегӏан. Свак чучизегӏан гьесул жаназа гӏодоб лъурал бакӏазда анцӏгониги зияраталги ран ругин бицана нижеда. Цо Гӏириб росдада аскӏоб, цояб дагьабго эхедегӏан, мугӏрул ракьанда гӏадин, гьединаб кӏиго зияраталде нижги щвана гьеб сапаралда. Гьесул малидул гӏоркь ккурал гӏадамаз хадуб абулеб букӏун буго тӏамах тӏад бугебгӏанги бигьаго босанин жидеца гьесул жаназа росулъе щвезегӏан. Гьев тӏад ваччараб цӏулал мали жакъаги зияраталда аскӏоб бугеб мажгиталъуб цӏунун буго.\nЦебеккунго оцги кьун, жиндицаго устарас бичун босараб бакӏалда вукъула бергьарав гьунаралъул гӏалим, хӏафиз, тӏарикъаталъул бергьарав муршид Шугӏайб-афанди (къ.с).\nБицинчӏого гӏоларо гьесулги Къахӏиса кӏудияб макъамалъул устар Къахӏиса Хӏасан-афандиясулги тӏоцебесеб дандчӏваялъул хӏакъалъулъги. Жиндирго устар, Гӏасаса Гӏабдурахӏман-хӏажиги хун, пашманлъиялда вугев Хӏасан-устарасда абула Багинуве Шугӏайб-афандиясухъе щайин мун унаревилан. Гьедигӏан кӏудияб даражаялъул устар ватиларин гьевин, дагьаб чӏухӏи ракӏалде ккола Хӏасан-устарасда. Гьебго сордоялъ макьилъ вихьула гьесда Шугӏайб-афанди. «Вачӏа, Хӏасан, чӏухӏичӏого дихъе. Дихъ бугеб жо гурони, духъе дицаги кьеларо, гьечӏебаб дуцаги босиларо», — ян абула макьилъ устарас Хӏасан-афандиясда.\nГӏасаса кӏудияв устар Гӏабдурахӏман-хӏажияс муридзаби тӏоритӏизе изнуги кьурав, гьебги бахчун бугев чи вукӏуна Хӏасан-афанди гьеб мехалъ. Жинцаго абуралдаса ракӏги бухӏун, гьесие самовар бакизе тӏорччол цураб хъапги мугъалда баччун вачӏунев вукӏуна Хӏасан-устар Шугӏайб-афандиясухъе. Багинуре щвелалде, нухлул рагӏалда гьабсагӏатги байрахъги чӏван бугеб бакӏалде щведал, накабиги гӏодор чӏван живго гӏодовегӏан гьавун вилълъине байбихьула Хӏасан-афандица. Гьедин гьев вачӏунеблъиги лъан, данде чи витӏула Шугӏайб-афандица , гӏадан гӏадин вилълъун вачӏайилан Хӏасанида абизе.\nШугӏайб-афандил кавудул кӏалтӏа кӏиявго цоцаздаги хурхун, агьиялда гӏодула. Гьезухъ балагьун анкьабго зобги ракьги цадахъ гӏодулеб букӏун батилин гьеб къоялъин абула гьеб сурат бихьарал херал чагӏаз. Гьединаб букӏана кӏиявго устарасул тӏоцебесеб дандчӏвай. Кӏиялгоги гьел цо ригьалъул гӏадамал кколаан. Хӏасан-устар гьавураб сон ккола 1852, Шугӏайб-афандил – 1853 сон.\nКъахӏиса Хӏасан-афанди Багинуве вачӏараб мехалъ лъимер гьабизе йикӏуна Шугӏайб-афандиясул хъизан Марин. Къахӏиса Хӏасан-устарасул лъадиги йикӏуна вас къачӏалей. Нилъ кӏиясего васал гьаризе ругин, дуе гьавурасда цӏар Мухӏамад-гӏариф лъейин, дица Мухӏамаднаби лъелилан абула Шугӏайб-афандица Хӏасанида.\nГьел киналго къисаби нижее рицана Муса Забихӏовасул хъизан Патӏиматица. Устарасул гӏумрудул хӏакъалъулъ кинабго баян данде бакӏарун бугоан гъелъ. Тӏехь хъвазе бегьулеб хабар бицана нижееги. Газеталъе къокъ гьабизе кколеб буго.\nМусалги Патӏиматилги рокъоб чайги гьекъон, корохъ бежараб чедгун, гӏиял хӏанги кванан, гьуинаб хабаралда тӏамуна нижеца къо. Устарасул зияраталда цун бугеб мажгиталъуб, бакъани какги бан нухда рахъана. Багинуса Шугӏайб-афандиясул баракат камун дуца ниж тогеги, бетӏергьан, Аллагьилан, щурулеб букӏана кӏутӏбуз.\nАшахан Юсупов,\nЦӏуриб-Улухъ-Цӏулда-Рулдаб-Гӏириб-Багинуб-Махӏачхъала"}
{"slug": "13083-giagarab-chiarada-chiagoyal-chagii-zhegi-dagl-un-gechio-dag-istanalda-rasul-khiamzatov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13083-giagarab-chiarada-chiagoyal-chagii-zhegi-dagl-un-gechio-dag-istanalda-rasul-khiamzatov", "title": "Гӏагараб Чӏарада, чӏагоял чагӏи жеги дагьлъун гьечӏо Дагъистаналда (Расул Хӏамзатов)", "date": "2021-07-23 08:13:35", "categories": ["magiarukh"], "text": "Баракат бугев чиясул баракат ралъдалъ бугеб ччугӏиеги щолин йикӏунаан дир дахӏабаба. Гьедин, Рулдаса Ибрагьимил Мухӏамадил баракаталдалъун щвана некӏого бихьизе анищлъун букӏараб гьесул умумузул росулъего гӏадин, Цӏулдагун Багинуреги.\nЦӏулда\nЩаяли лъаларо, амма дун чара гьечӏого щвезе кколин кӏудияв имамасул секретарь Мухӏамадтӏагьирил росулъеян абураб пикру букӏунаан кидаго. Битӏараб бицани, дида ккун букӏинчӏо гӏалимчиясул наслуялъул чагӏазги росуцоязги гьададигӏанго цӏакъ гьесул ирс цӏунун батилилан – заман баялъ чӏегӏерлъиялде сверарал гьесул тӏахьалги, къайи-сверигицин. Гьелъул хӏакъалъулъ Ашаханица гӏатӏидго хъван буго. Жакъа къоялъги хӏалтӏулеб буго Цӏулда Мухӏамадтӏагьир хьвадулев вукӏараб мажгитги. Амма гьелъул некӏсияб тарих бихьизе биччалеб гьечӏо къадаздагун мокърукь кьабураб пластикалъ. Цо рахъалъ, гьеб къачӏарал росдал гӏадамазда гӏайибги гьечӏо. Бажарараб куцалда гьабун буго гьез гьеб. Гурони, квер хъвачӏого тарабани, заманалдасан тӏубанго биххун тӏатӏала ккезеги рес букӏана. Гӏурччинаб кьералъул пластикги сверун ккун, гьединабго куцалда «къачӏан» букӏана гӏезегӏан соназ цебе некӏсияб Къорода росдал мажгиталда аскӏоб бугеб рукъги.\nАмма къанагӏаталлъун кколел гьединал объектазул сипат-сурат букӏахъего хутӏулеб куцалда гьел рукӏалиде рачунеб хасаб къагӏида букӏуна. Гьелъие гӏезегӏан гӏарацги къваригӏуна. Дир хӏисабалда, гьеб хӏалтӏи памятникал цӏунулеб пачалихъалъул идараялъ гьабизе ккола.\nАскӏо-аскӏор гьанжесеб къагӏидаялъул цо-цо минабиги ран, ракӏ судулеб куцалда ругоан гьенир некӏсиял минабазул хутӏелалги – кӏамураби, тӏад батӏи-батӏиял гӏаламатал, суратал рикӏарал ганчӏазул къадал. Цӏулда гурелги, Багинурги, Гьидалъги, Чӏохъги (Мамаласул мина, мисалалъе) рихьана дида гьел янгъизго.\nТӏасахун кумек щвезегӏан чӏечӏого, щивас жидедасаго бажарараб жо гьабунигицин мадар букӏина. Гьединал чагӏазулцо-цояллъун рихьана Мухӏамадтӏагьирил наслуялъул чи Гӏабдуллагь-хӏажиги росдал музеялъул директор Темирбудаги. Гьев кӏиясго добе-гъобе ккезе биччалеб гьечӏоан росдал тарих. Гӏабдуллагь-хӏажица гӏумру гьабулеб буго Мухӏамадтӏагьирил букӏараб минаялъуб (тӏасияб тӏалаялда). Гъоркьияб тӏала буго кӏинусго соналъ цебего букӏараб гӏадаб къагӏидаялда цӏунун (магӏида рарал тӏимгъалги, хуриб-ахикь хӏажалъулеб алат-квараги, жужа-хъухъарал къадалги, Мухӏамадтӏагьирил тӏахьалги, гьеб гӏодов чӏолев вукӏараб бакӏги, гьес кагъат къотӏулеб букӏараб алатги).\nТемирбудацаги музеялде бакӏарун буго цогидал бакӏазда жеги рихьичӏел гӏадинал экспонатал. Масала, шашликӏал режулел рукӏараб алат, хьопал хьухьун гьабураб пулав цӏулеб жо, кутакалда интересал документал. Жиндир эбел-эмен данделъулеб мехалда гьабураб къотӏи-къайин абунин ккола гьес гьеб. 1953 соналда хъвараб гьелда бихьизабун буго бахӏаралъ цадахъ бачӏунеб къайи-цӏа. Хвани яги ратӏалъани, бахӏарасда тӏадаб бугоан гьеб нахъе кьезе.\nЦӏакъ ракӏгъураб хабзалги бугоан Цӏулда. Мухӏамадтӏагьирилги цойги лъикӏа-лъикӏал гӏадамазулги рухӏал нилъеда цадахъ хьвадулел ругин кколеб асар лъугьунеб букӏана. Мухӏамадтӏагьиридаса чанго галул манзилалъ вукъарав, Махӏачхъалаялда нижер мадугьаллъун вукӏарав Гӏумарасхӏабил хабатӏе зияратги гьабун, ниж Рулдаре къватӏире лъугьана.\nРулдаб\nНухда чӏвараб игӏланалдасан Кьесер мухъалда ругел киналго росабазул сияхӏалда гъорлъ гьелъул цӏар балагьулел рукӏана ниж. Киналго росабалъе Цӏуриса кигӏан манзил бугебали хъван бугоан гьелда. Рулдаб батичӏо гьениб. Кӏочонищ, яги чӏунтараб росу бугиланищ тарабали. Амма росулъ нусидаса цӏикӏкӏун избирателасул хъвай-хъвагӏай бугиланги бицана гьениса Ибрагьимил Мухӏамадица. Росулъе тӏаде рахиндал, рищиязул участок жаниб бугеб минаги бихьана.\nРулдаре уна Гӏирисан эхеде, магӏарде тӏаде. Нухалги ракӏалде ккаралгӏан квешал гьечӏоан. Гьел Мухӏамадил вац Шамсудиница жинцаго къачӏанин бицана росулъ.\nРосдал кӏал байбихьулеб бакӏалда, нухлул ракьанда лъун бугоан «Япония» абун тӏад хъвараб кӏудияб гамачӏ. Цере рулдаселги гӏириселги гӏемер къацандизе кколел рукӏун руго ракьал сабаблъун. Япония гӏадаб, малъгӏанасеб Рулдаб росу шагьар гӏадаб жидер росугун къацандулеб бугилан ракӏалде ккеялъ батилаха, гӏирисез гьелда гьеб цӏар лъураб. Рулдасезулги тӏадкӏалъай гьечӏин ккола гьелда.\nМаркӏачӏул бер рукӏкӏиндал, росулъе жанире лъугьарал нижеда дандчӏвазе вачӏана гӏурусасул сипат бугев, гьоркьохъеб ригьалдаса арав чи. Жинда тӏад цо кӏвар бугеб иш къараб гӏадаб хасиятги букӏана гьесул.\n«Познакомьтесь, это комендант нашего села», — ян махсара гьабуна Ибрагьимил Мухӏамадица. Хъваш-баш гьабидал, гьес бицана жив вугила Омскалдаса Олег Коваленко. Къогоялдаса цӏикӏкӏун сонал ран ругоан гьес Дагъистаналда. Дагьаб мех батиларо гьев Рулдав чӏаралдасаги. Хъизаналъул иш битӏичӏолъиялъ, жив рокъове тӏадвуссинарин, бегьулеб батани, нужеда цадахъ теян гьарун бугоан гӏурусас Мухӏамадил вац Шамсудинида. Гьедин гьев гӏезегӏан авадангоги, ракӏ разигоги нижее Рулдаб росдал магӏишаталъул бицунев вукӏана. Жакъа къоялъ шагьаралда рукӏунел чагӏи ричӏчӏуларила жинда, бихьуларищдила Рулдаб бугеб сихӏкъотӏиги, гӏодобиччараб гӏумруги. Жив гьанив гӏицӏго боцӏи-панзалъулги росдае къваригӏараб-катӏалъулги тохал-халалда вукӏунила. Гӏурусалъ гьес бицунеб каламалъулъ «хабар» абураб рагӏи, борчӏидал, дуда магӏарул рагӏабигийищ лъалел абун гьикъана дица. «Гӏандадерил цӏикӏкӏун лъала, цеве дун Бабаюрт районалда гӏандадерил Бутуш хъутаналъул школалда хӏалтӏулев вукӏана. Хадув 1999 соналда «Хӏамил гӏин» магӏарда рагъ байбихьидал, ополчениялде ккана», — ян жаваб кьуна Олегица. Гьесул хадусеб къисматалъул цӏех-рех гьабизе ниж лъугьинчӏо, сапаралъул мурадги гьеб букӏинчӏелъул.\nРулдаб гьабсагӏаталда буго лъабго цӏараки. Шагьараздаса гӏадамалги рачӏун, рии-риидал байбихьула росу чӏаголъизе.\n«Рулдаб чӏунтизе байбихьана 1985 соналда нахъе. 2000 абилеб соналдаса хадур гьанир гӏадамал цӏакъго дагьлъана. Гьезул гӏемерисел гочана Шамхалалде, Гъизилюрталде, Гъизляралде.\nЦо талихӏалъ, гьанже росуцоязда ракӏалде ккун буго Рулдаб цӏи гьабизе. Рес кканщинахъе рачӏун, къачӏалел руго умумузул минаби, яги санагӏатаб бакӏалда цӏидасан ралел руго гьел. Бетӏергьанлъи гьабичӏого рехун таралин ракӏалде кканиги, щибаб мина-карталъул, ракьалъул хважаинги ватула гьанив – гьаб жидер вац-васасе, имгӏаласе, инсуе лъидасаялиго ирсалъе щвараб бакӏ бугин абула», — ян бицана профессор Ибрагьимил Мухӏамадица росдал чӏвадназухъги чӏун. Гьединги абун, гьес ниж рачана вац Шамсудиница данде гьабураб жидерго хъизаналъул музей бихьизе. Тӏасан гӏурччинаб маххги ккун къачӏан бугоан некӏсияб гьеб мина. Лъималги гьечӏей гьезул ункъгӏалалъул букӏараб бакӏ ккола гьеб.\nЦӏулалги, маххулги, ганчӏилги гьарурал гьел гӏадатиял тӏагӏалабазда гъорлъ ругоан Сталинил, Ленинил, Дзержинскиясул суратал, унго-унгояб бацӏил муляж, магӏарул пандур, мандолина.\nГьенисан ниж къокъана росдада нахъа бугеб магӏардехун. Гьаваялъул бацӏцӏалъиялъул кутакалъищ, яги борхалъиялъул магӏнайищали, цо параялдасан бетӏер сверун, тартадизецин лъугьана дун. Археологалгун цадахъ вачӏиндал, нижер гьудул-гьалмагъ, цеве «Хӏакъикъаталда» жавабияв секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Дибиргӏали Хазамовас хасаб алаталъ борцун бугоан гьеб борхалъи. Ибрагьимил Мухӏамадил рокъоб жаниб гьеб борхалъи 2 280 метра абун бихьизабун бугоан. Магӏарда тӏадегӏан борцани, 3000 метра кколеб батила.\nГьединал пикрабазда ниж рачӏунел рукӏана биххараб росулъ нижее экскурсия гьабулев Ибрагьимил Мухӏамадида хадур: «Гьаниб цониги букӏинчӏо чӏунтараб рукъ, гьитӏинаб мехалда кколаан тӏубараб дунял гьаниб бугилан; гьале ниж цӏалараб байбихьул школалъул хутӏарал чӏваднал (хадур рулдасезул лъимал Гӏириб интернаталда цӏалун руго – авт.); гьале рехъалъа боцӏи бачӏиналъухъ балагьун, дир кӏудияй эбел гъоркь гӏодой чӏолей йикӏараб кӏудияб гамачӏ; гьагъале нижеца рекьулел рукӏарал, гьанже гӏуру къарал хурзал. Ролъ гӏемер бижулеб букӏиналъ, имам Шамилил аскаразе ролъ гьаниса баччулеб букӏун буго…».\nГьедин щун ратана Нукъуш росда тӏаде балагьараб бакӏалде — Мухӏамадил вац Шамсудиница хӏамида лъун баччараб ганчӏица бараб кӏитӏалаяб гьитӏинаб рукъалда цере. Даруяб лъим чвахулеб бакӏ ккола гьеб. Магӏарде рахиндал рулдасезул умумул кидаго гьениреги щолел рукӏун руго. Гьанжеги мегӏер-гӏалахалде щварав чиясул рес буго гьениб хӏухьбахъизе, чай гьекъезе (гьелъие хӏажатаб алат-квараги токги буго чӏезабун).\nМегӏер сверун рачӏунаго, ниж росдал годекӏанире, мажгиталде цере щун ратана.\nМажгит цӏи гьабуни, росдадеги лъалаго нур бачӏинаан абураб хьул буго Ибрагьимил Мухӏамадил. Цебеги мажгит букӏараб бакӏалда бан буго гьеб гӏезегӏан берцинго — цокӏалаб ганчӏил къадалги, жаниб — бухӏараб/цӏорораб лъимги, гьанжесеб къагӏидаялда ккураб плиткаги цогидабги. Гьелда тӏад харж гьабун буго сверухъ росабалъагицин бечедал ракьцояз ва жалго рулдасез садакъадуй кьураб гӏарац, къадал разе, жанисан хӏалтӏаби гьаризе рахъун руго росдал гӏолохъаби.\nГьедин бицана рузман базе Гӏириб росулъе ине нухда чӏарав Абакарица.\n«Мунагьал чураяв Ахӏматӏиловас босана нижер колхозалъул ракьалги гӏи-боцӏиги. Гьелъухъ кӏиго млн-гун бащадаб кьун букӏана гьес росдае. Щибдай гьелда малъилебилан рукӏаго, ракӏалде ккана гьеб гӏарцухъ мажгит базе. Цебе мажгит букӏараб кколаан гьаб. Амма цо заманалда росдал склад, хадуб клуб рагьун букӏана гьениб.\nРосдал гӏолохъабазги кутакалда яхӏ бахъана: рачӏун эхедегун, лъарас лъараб гьабуна. Гьелда тӏадеги росда тӏаса бугеб рохьосан 2,5 километралъул манзилалда лъабго къоялда жаниб росулъе лъимги бачана. Нижер умумуз кидаго бицунеб жо букӏунаан гьеб»,- илан бицана Абакарица.\nГьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго росабалъ ругел хъулухъчагӏазул махщел камил гьабиялъе Махӏачхъалаялда рагьараб институталъул ректорасул кумекчилъун.\nИбрагьимил Мухӏамадги Шамсудинги гӏадин, Рулдаб цӏи гьабизе ракӏалде ккаразул цояв вуго Абакар Закариевги. Цӏи бараб жиндирго рокъоре гьеб къоялъул радал кофе гьекъезеги ахӏун рукӏана гьес ниж.\nАбакарица Рулдаб мина баралдаса анкьго-микьгониги сон буго.\n«Цеве дун гӏемер вачӏунаан гьаниве кӏудияй яцалъухъе. Хадуб хъизаналъулги дирги пикру ккана гьаниб нижеегоги мина базе. Гъойги гьаний гӏурай гӏадан ккола. Цин ургъана кибдай гьеб балаян. Лъицаниги ричулел рукӏинчӏо жидерго бакӏал, амма гьезда гьел цӏи гьаризеги ракӏалде кколеб букӏинчӏо. Росдал администрациялъул бетӏерас гӏакълу кьуна 1960 соназда ясли-ах букӏараб бакӏ лъикӏилан. Районалъул администрациялде гӏарацги кьун,дица босана гьеб бакӏ. Гьедин байбихьана гъоркь рукӏарал къадалги тун, тӏасан гьеб бакӏ къачӏазе. Амма къадахъан валагьизе захӏмат букӏана. Гьеб мехалда Ибрагьимил Мухӏамадил вац Шамсудиницаги байбихьана жидерго инсул мина къачӏазе, цинги росда гъоркьа ферма бана гьес. Гьедин нижедаса мисал босизе байбихьана цогидазги.\nГьале санайилго хӏухьбахъизе росулъе вачӏуна дун. Гьелъ гьабулеб асар бицун бичӏчӏизабизе кӏоларо дида. Рохьдоде, гӏияде араб мехалда лъимерлъуда дица хӏетӏе чӏечӏеб бакӏ гьечӏелъул гьаниб.\nШагьаралда гӏадаб багӏариги хӏалкъайги гьаниб букӏунаро. Къаси-къаси кӏи-кӏи юргъан базе ккола тӏад», — илан бицана Абакарица.\nАбакарихъеги Ибрагьимил Мухӏамадихъеги гьоболлъухъ Рулдаве вачӏун вукӏана Гӏириса Рамазан Ахӏмадов. Республикаялда машгьурав уролог ккола гьев. Рулдаб цӏи гьабулеб букӏиналдаса кутакалда вохун вугоан Рамазанги:\n«Ахир-къадги нилъ руссунеб бакӏ ккола умумузул росу. Нужеца цӏи гьабунагӏан, лъималазги цӏи гьабула гьеб, биххизе танагӏан, лъималазги ургъел гьабуларо ян абула дица ракьцоязда. Дие цӏакъ бокьана Абакар дове тӏадвуссин, дир яцгӏалалъул вас ккола гьев. Гьединго рекӏее гӏуна Ибрагьимил Мухӏамадицаги, Шамсудиницаги, гьезул вацгӏал Шамилицаги, МКХялда вугев администрациялъул бетӏерасги Рулдаб минаби цӏи гьари. Хасго росу берцин гьабизехъин буго цӏи бараб мажгиталъги».\nГьеле гьединал, рекӏелъа берцинал гӏадамазулгун къо-лъикӏги гьабун, хадуб балагьун «Японияги» тун, цоялдаса цоял мугӏрулги, чӏагоял росабиги къотӏун, нижеца нух босана Багинубехун, Шугӏайб-афандил зияраталде.\nГьелъул хӏакъалъулъ Ашаханица хъван бугелъул, тӏадежубай гьабичӏого толеб буго.\nАмма дунял цӏураб хасияталъул чӏарадисезги жалго гӏадаб баркат-рахӏматаб гьезул тӏабигӏаталъги нижер щивасул рекӏелъ гьабуна цо гьайбатаб бусен…\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "13086-k-urban-ramazanov-pandemiyal-ul-zamanalda-chiarada-rajonalda-tsonigi-chi-khvechio-kovidal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13086-k-urban-ramazanov-pandemiyal-ul-zamanalda-chiarada-rajonalda-tsonigi-chi-khvechio-kovidal", "title": "Къурбан Рамазанов: «Пандемиялъул заманалда Чӏарада районалда цониги чи хвечӏо ковидалъ»", "date": "2021-07-23 08:22:14", "categories": ["med"], "text": "Цӏуриб больница балагьулаго, битӏун гьелда аскӏосан ун ратана ниж, гьеб районалъул нухмалъиялъул минаянги ккун. Тӏадбалагьун, бокьараб районалъул администрациялдаса къураб жоги гьечӏоан гьелъул. Амма нижги гӏемерго мекъи ккун ратичӏо – кидаялиго партиялъул райкомалъеян бараб мина букӏун буго гьеб, хадуб больницаялъе кьураб.\nТӏубанго больницаялъе данде ккечӏониги, жибго санагӏатаб бакӏалда, шагьраялдаса гъоркьехун ккола гьеб; къватӏисанги жанисанги цӏакъ къачӏа-кӏатӏанги буго, гьечӏоан больницабазда жаниб букӏунеб цо гӏадатияб махӏги.\nГьелъул бетӏерав тохтур Къурбан Рамазановги фейсбукалдасан хъвадарун гурони, жеги бал битӏун вихьун вукӏинчӏо. Кутакалда гӏаданлъи бугев чи ватилин ккана гьев, тӏубараб коллективгун цадахъ нижеда дандчӏвазе азбаралъув вахъун чӏун ватидал.\nЦинги Къурбан Рамазановас газеталъе бицана больницаялъе цоги корпусги кӏиго специалистги хӏажат вукӏиналъулги, ковидалъул заманалда жидеца хӏалтӏи гӏуцӏараб куцалъулги, больницаялъе квербакъулел меценатазулги, цогидалъулги.\nБаян:\nМахӏачхъалаялда мединститут лъугӏун хадув Къурбан Рамазанов тохтурлъун Псков областалде витӏана. Гьедин 1981 соналдаса 1985 соналде щвезегӏан гьев хӏалтӏана психиатриялъул больницаялда отделениялъул заведующийлъун, бетӏерав тохтурасул заместительлъун, цингиги — больницаялъул бетӏерав тохтурлъун. Псков областалде кӏудияб хъулухъалде тӏамулев вукӏун, цевесев нухмалъулес жиндирго бакӏалде Къурбан Рамазанов вихьизавула.\nДагъистаналде гьев тӏадвуссана 1985 соналда. Цинги ичӏго соналъ хӏалтӏана Чӏарада ТМОялъул психиатр-наркологлъун. 1994 соналда Къурбан Рамазанов коллективалъ вищана гьеб ТМОялъул бетӏерав тохтурлъун.\n1997-2008 соназда гьес нухмалъи гьабуна районалда бугеб Госсанэпиднадзоралъул централъе.\n2008 соналдаса нахъе Къурбан Рамазанов ккола Чӏарада районалъул больницаялъул бетӏерав тохтур.\nГьесул руго ДРялъул мустахӏикъав тохтур, сахлъи цӏуниялъул отличник абурал цӏаралги.\nДолгострой\n— Партиялъул райкомалъе бараб мина буго гьаб. Гьединлъидал больницаялъе данде кколаро гьаб проект. Гьоркьоса къадалги рахъун, чанги кабинетал цолъизаруна дица гьанир палатаби гьаризе.\nГӏезегӏан соназ халатбахъинабуна гьаб базеги. Долгострой абула гьалда. Гьанибе биччараб цемент бакъулев ватун цо прораб (батӏияб миллаталъул чи) жанивгицин тӏамизавуна райкомалъул председателас. Лъикӏги-квешги, ниж гьанир жанире рахъана 1997-1998 соназда. Хадур нижеца тӏаде рана поликлиника, инфекционный корпус. Гьеб корпус бан букӏинчӏебани, ковид тӏибитӏараб мехалда щибдай нижер ккелаанин вуго дун. Биххун тӏатӏала ккезе къачӏан, цӏад банщинахъе мокърукьбакӏ гӏеккон, чияда сурараб куцалда букӏана гьеб корпус. Гьеб мехалда кумек гьарун дун ана сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Иляс Мамаевасухъе. Гьес витӏана экономикаялъул министрасул заместителасухъе, гъосги – цогидасухъе. Дун тӏаса вихьизавулев гуро гьез вукӏарав. Хӏажатал документал ракӏаризе тӏамулев вукӏана. Доб мехалда районалъул нухмалъулесдацин лъалароан дица инфекциялъул отделениялъе цӏияб корпус базехъин букӏин.\nГьабсагӏаталда нижер больницаялъе чара гьечӏого къваригӏун буго административияб корпус. Гьаниб цебе буго гьеб базе гӏураб больницаялъулго ракьги. Гьеб бани, цӏияб корпусалде рахъине бегьулаан больницаялъул нухмалъулел, бухгалтерия, касса. Гьелдалъун эркенлъилаан унтарал чагӏи регизаризе тӏадеги бакӏалги.\nГьединлъидал районалъул нухмалъулев Мухӏидин Мухӏамадовасда дандги бан, нижеда ракӏалда буго гьеб суал 21 июлалда борхизе – гьеб къоялъ Чӏарада районалде вачӏине вуго ДРялъул бетӏер Сергей Меликов.\n— Камурал отделениял кинал ругел?\n— Киналниги гьечӏо! Гьаниб буго 20 чи вегулеб терапиялъул отделение, 14 койкаялъе бакӏ бугеб лъималазул отделение, 16 койкаялъе гӏураб хирургиялъул отделение, 18 чӏужугӏаданалъе бакӏ бугеб лъимал гьарулеб ва гинекологиялъе къваригӏунеб отделение. Гьединго — 10 чи вегулеб инфекциялъул отделение.\nГьелда тӏадеги районалда буго ремонтал гьарун, къачӏараб участкаязул ункъо больницаги кӏиго амбулаторияги.\nГӏицӏго хӏажат буго Сачадаги Хитабги фельдшерлъиялъул кӏиго пункт базе. Сачада бухӏун букӏана гьеб пункт.\nХӏажат вуго анестезиолог-реаниматолог ва хирург\nТохтурзабазул рахъалъ абуни, дие хӏажат вуго анестезиолог-реаниматолог ва хирург. Гьанив вукӏана кутакалда лъай бугев хирург (дир заместительги кколаан гьев), Хьаргаби районалъул больницаялде бетӏерав тохтурлъун тӏамуна гьев гъоркьисала.\nГьесул бакӏалда хирурглъун гьанже гьанив гӏолохъанчи, дирго дурц вуго. Амма цохӏо чиясухъа бажарулеб жо букӏунаро тӏубараб районалда гьеб хӏалтӏи. Цогидаб махщалил анцӏго тохтур гьечӏониги тӏувалин ккола дида, цохӏо хирург гьечӏого хутӏизегӏан. Гьединлъидал хӏалбихьи бугев хирург ватани, нижеца хӏалтӏуде восилаан гьев. Хъизан-лъималгун цадахъ жанир чӏезе бакӏги кьела, цогидаб кумекги гьабила.\n«Земский доктор» абураб программаялда рекъон хӏалтӏизе рачӏарал гӏезегӏан васал-ясал руго нижер больницаялда. Амма хирургал гьечӏо гьезда гьоркьор.\nБайбихьуда, битӏараб бицани, цо-цоязда дир ракӏчӏолебги букӏинчӏо. Амма дагь-дагьккун тӏубанго хисана гьел, цоцаздаса мисал босун хӏалтӏизе журана. Моцӏрое щолеб харжил гурони ургъел букӏунарилан, цо-цо больницабазул бетӏерал тохтурзабазе бокьуларо гӏолохъанал махщелчагӏи хӏалтӏуде росизе. Щиб жо лъалел чагӏи гьелилан, кверги хьвагӏун тола. Амма дида гьезул цониги чияс гьикъичӏо жидее кигӏан гӏарац щвезе кколебилан. Жидедаго малъараб ва тӏадаб жоги гьабун, парахат чӏола дир нервабиги хвезаричӏого.\nКутакалда лъикӏаб коллектив буго гьаниб. Дида ракӏчӏун лъала гьез киданиги унтаразухъа ришват тӏалаб гьабизе гьечӏолъи, жидерго хасал мурадаздасаги цебе хӏалтӏул ургъел гьабизе букӏин. Цоцаздехун яцал-вацазул гӏадаб бербалагьи буго гьазул. Я гьекъолев, яги хъалиян цӏалев цониги чиги гьанив гьечӏо. Дин гьабулел, чанцӏулго хӏежалде щварал чагӏи руго гӏемерисел. Дунгоги 12 нухалда щвана хӏежалде. Гьединлъидал коллективалъеги унтаразеги как балеб бакӏги гьабуна больницаялда.\nЦоги мисалги бачинин.\nРАНалъул член-корреспондент, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, Москваялъул урологиялъул институталъул директор Олег Аполихин вачӏун вукӏана нижехъе моцӏалъ цеве. Чӏарада район гӏуцӏаралдаса гьаниве щварав тӏоцевесев академик ккола гьев. Аполихинида цадахъ рукӏана церетӏурал Москваялдаса тохтурзабиги. Районалъул гӏадамазул хал-шал гьабулелъул гьезда цадахъ нижер больницаялъул тохтурзабиги рукӏана. Дирго хӏалтӏухъаби реццулеб мех гуро, амма Аполихиница гьезие кьураб къиматалъ кутакалда асар гьабуна дие. Жив улкаялъул гӏезегӏан регионазде щолила, амма Чӏарада районалъул больницаялда гӏадаб дандчӏвай жиндие кибниги гьабичӏилан абуна гьес.\n— Хас гьабун нужехъе щай гьев академик вачӏун вукӏарав?\n— «Мужское здоровье» абун федералияб проект буго Аполихинил квербакъиялдалъун билълъанхъизабулеб. Гьелъулъ гӏахьаллъана нижги. Цереккун академикги гьесул къокъаги ун рукӏана Сергохъала, Лъаратӏа, Болъихъ, Хунзахъ районазде.\nГьедин Москваялъул тохтурзабаз цадахъ бачӏана урологиялда хурхарал суалалги ругеб азаргониги анкета. Гӏадамаз гьезие кьурал жавабаздасан тохтурзабазда бихьулеб букӏана кӏварщумахъалда бараб унти лъил бугеб-гьечӏебали. Азарго анкетаялда гьоркьоса нижеца тӏаса бищана 316 анкета. 40 сонил ригьалдасаги арал, урологиялъул унтаби загьирлъизе рес бугел чагӏи ккола гьел. Росабалъе хьвадун, гьев 316 чиясе УЗИ гьабуна нижеца, биги бахъана. Республикаялъул урологиялъул централъул бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиевас Махӏачхъалаялдаса эхеде бачӏун букӏана гьеб УЗИ-аппаратги (нижер куратор ккола гьев).\nГьезда гьоркьоса 18 чиясул чорхолъ тӏатинабуна гьанжего-гьанже багъаризе хӏадурулеб батараб онкология. Заманалда кквезе щвани, кьолболъанго тӏагӏинабизе бегьулелъулха гьеб унти.\nГьединго нижеца хӏисаб гьабуна гьел чагӏазул щал районалдаго сах гьарилел, щал Махӏачхъалаялде Дибир Хӏажиевасухъе яги Москваялде Олег Аполихинихъе ритӏилелали.\nГьеб кинабго хӏалтӏи гьабуна чӏобого.\n— Гьадинаб бацӏцӏадаб тӏабигӏаталда гӏумру гьабулел нужер гӏадамазулъ онкология щайдай батулеб?\n— Чӏарада, Кули, Лак, Лъаратӏа районал рикӏкӏуна гӏадамал бищун гӏемер онкологиялъ унтулел бакӏаллъун.\n— Бицуна советияб заманалда гьел районазда рукъун рагӏулин ураналъул хутӏелал. Гьелда бараб жо бугодай гьеб?\n— Лъаларо, амма цӏа бакаралъуб гурони кӏкӏуй бахъунарин абулаха.\n«Унтана, амма хӏалтӏуда чӏана»\n— Ковидалда дандечӏезе цӏакъго захӏмалъанищ, гьелъ унтарав чан чи вукӏарав районалда?\n— Гьелъ унтиялда щаклъи ккарав 496 чиясда гьоркьоса 280 чиясул ковид букӏин чӏезабуна. Республикаялъул даражаялда босани, нижер районалда ковидалъ тӏоцевесев чи унтана киса-кибго лъугьунеб жо лъугьун бахъиндал, бищун ахиралда. Гьебги гьаниве зигараялъ щварав шагьаралдаса чияс босун бачӏана.\nГьединлъидал дихъе Махӏачхъалаялдасан ахӏунгицин бачӏана нужер районалда унтарав чигойищдила гьечӏев, дуца балъго гьабулеб батилила гьеб. Вукӏинчӏеб мехалда кисаха дица унтарав вахъилев.\nСергохъалаялъул больницаялъул бетӏерав тохтур ккола дир курсцояв. Гьединлъидал гьалмагъ хӏисабалда дихъе кӏалъан вукӏана гьев жидер больницаялда тӏубан инфекциялъул отделениялъул хӏалтӏухъаби унтун ругила, гьединлъидал нужер гьениса цо чанго тохтур витӏиларищилан. Амма доре-гьанире нижерго хӏалтӏухъабиги ритӏун, хадуб гьаниб щиб ккелебали лъалеб букӏинчӏелъул. Гьезул надалда хъван букӏунарелъул жал ковидалъ унтун ругилан. Масала, тӏоцевесев унтарав вукӏана нижехъе панкреатитги багъарун вачӏарав чи. Хадуб гурони лъачӏо гьесулъ вирусги букӏин.\nНижеда мадугьалихъ районаздани кутакалда хӏинкъараб хӏал лъугьун букӏана гьеб мехалда. Къойилго холел рукӏана гӏадамал. Амма Чӏарада районалда цониги ккечӏо ковидалъ чи хвараб хӏужа. Цо рахъалъ, Аллагьасул хъвайги букӏинарищ гьединаб. Цогидаб рахъалъ босани, инфекциял тӏиритӏунгутӏиялда хурхун гьабулеб хӏалтӏи нижер гьаниб битӏун гӏуцӏун букӏана. Гӏемер букӏуна гьелда бараб жо. Санэпидстанциялда хӏалтӏулеб мехалда щвараб хӏалбихьиги батила дие гьеб.\nДица лъазабуна тӏадагьаб куцалда унтарал чагӏи рокъо-рокъор сах гьареян, гьоркьохъеб куцалда унтарал – участкаязул больницабазда регизарейин. Райбольницаялде раччана гӏицӏго захӏматал унтарал. Гьел гурони къабулги гьаричӏого, цогидал унтабаз унтаразе къазе ккана больница.\nГьелда тӏаде тохтурзаби къойилго хьвадулаан щибаб рокъореги (цо тохтурги кӏи-кӏи медсестраги ругеб анкьго бригада букӏана гьеб). Цӏа свинабулезул машинаялъ речӏчӏизабун, тӏокӏалъ чӏечӏого дезинфекция гьабулаан къватӏазе, гӏадамал ракӏарарал бакӏазе. Гӏорхъичӏвай гьабулеб букӏана районалде рачӏунел машинабазеги.\nРеспубликаялда абуни батӏияб къагӏида букӏана гӏадамал больницабазда регизариялъул. Дагьа-макъалго унтаралги захӏматаб хӏалалда ругелги журазеги гьарун, ахиралда бакӏалги гӏоларого хутӏун рукӏана больницаби. Гьелъ рихха-хочизарун рукӏана тохтурзабигицин. Гьединлъидал хӏалтӏизе инкар гьабурал медикалги ккана цо-цо бакӏазда. Нижер больницаялда абуни цо чигицин тӏуркӏичӏо. Масала, ункъайго медсестра унтана гьеб мехалда. Гьел хӏалтӏуда чӏана.\nГьединго Тӏалхӏатова Асият абун инфекционистка йиго нижер. Гьей жийго унтана гьаний. Гьелъул эменги вукӏана гьеб мехалда гьанив вегун. Амма кигӏан нижеца рокъое айин абуниги, хӏалтӏи рехун течӏо гьелъ. Гьабулаго жиндиего дару-сабабгун хӏалтӏулей чӏана. Гьелъул рокъоб абуни гьитӏинаб лъабго лъимерги букӏана. Зама-заманалдасан дида кколаан моцӏаца рихьулел лъималги гьечӏин жинда, сваканги йигин, дагьаб мехалъниги жий рокъое йиччаян гьаризе Асият ячӏани, щибдай дица гьабилаян.\nАмма цониги нухалъ хӏалбихьигицин гьабичӏо гьелъ нахъе ине. Гьарарабани, йиччазеги кколаан. Гьеб мехалда гьелъул хӏалтӏи гьабизе чи валагьизе кколаан. Киса щал ралагьилел рукӏаралалиги лъаларо. Больницаялъул медперсоналги сунца квер балелали лъаларого рукӏана байбихьуда. Цӏияб вирус букӏиналъ инфекционистка Асиятгицин байбихьуда жеги гъорлъе ккун йикӏинчӏо. Сах гьариялъул къагӏидаби хисизареян зама-заманалдасан кӏалъан рачӏунаан министерствоялъул хӏалтӏухъабиги. Гьанже гьеб рахъалъ лъикӏаб хӏалбихьи щвана Асиятие, гьединго нижер цогидал хӏалтӏухъабазеги.\nМеценатал\nАмма гьазие чӏезарулел шартӏаздаги кьолеб жоялдаги дунги барахщичӏоха. Кумек гьарун инчӏеб бакӏги дун кӏалъачӏев чиги хутӏун ватиларо. Доб мехалда дир кабинет дарабазул кьабун цӏун букӏана. Дербенталъул мэрлъун вукӏарав Хизри Абакаровас тонна дезрастворалъул битӏун бачӏана нижее. Цо млн-гун 270 азарго гъурущ бачӏана меценат Мухӏамад Мусаевас. Гьеб гӏарац нижеца бикьана больницаялъул хӏалтӏухъабазе. Инфекциялъул отделениялда хӏалтӏаразе дагьаб цӏикӏкӏун кьунаха.\nДарабиги медицинаялъул къайи-цӏаги гӏолеб гьечӏилан республикаялдаго ахӏи-хӏур бахъараб мехалда нижер гьаниб гьеб гӏунги-тӏокӏги букӏана. Масала, ИВЛалъул аппарат букӏана цин анкьго. Гъоркь букӏараб щугоялда тӏаде цо гьеб кьуна ДРялъул Хӏисаб гьабиялъул палатаялъул нухмалъулев Билал Жахӏбаровас, цогидаб – сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ. Гьабсагӏат СИЗазулги (средство индивидуальной защиты) саламатаб нахърател гьабун буго нижеца, нагагьлъун цӏидасан додинабго къо тӏаде бачӏани, гьардезе ине ккечӏого рукӏине.\nКиданиги ниж рехун толарев чи вуго Дербенталъул чогърол заводалъул гендиректор Мухӏамад Садулаевги. Бищун захӏматал 1990 абилел соназда рикӏкӏунго рикӏкӏун миллионал кьолаан гьес нижее. Нужерго больницаялъе бокьараб жо босеян гьел соназда 10 млн гъурущ кьун букӏана. Доб мехалда улкаялдаго язихъаб хӏалалда рукӏана больницаби – макърал шприцалгицин къанагӏатал жал рукӏана. Цогидал сферабазе бикьун бахъун ахиралда гӏарац хутӏани, бихьизабулаан медицинаялъеги мукъсанабго гӏарац.\nГьанжени тӏубан батӏайисан хисана медицинаялдехун хӏукуматалъул бербалагьи.\n— Ковид тун батӏиял унтабазул бицани, районалда бищунго кина-кинал гӏузраби цӏикӏкӏун ругел?\n— Рекӏелгун бидурихьазул унтаби. Цо рахъалъ, гьел загьирлъулел ратила гьанже пачалихъалъ диспансеризация гьабизе тӏамулел рукӏиналъги. Цогидаб рахъалъ босани, стрессалги гӏемерлъун гьечӏищха нилъер гӏумрудулъ.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ."}
{"slug": "13087-rukhiiyab-tarbiya-keyal-ul-g-ansitukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13087-rukhiiyab-tarbiya-keyal-ul-g-ansitukh", "title": "Рухӏияб тарбия кьеялъул гъанситухъ", "date": "2021-07-23 08:38:28", "categories": ["rel"], "text": "Цӏурире щварал ниж раккана музеялдеги. Лъикӏаб, ракӏрагьараб дандчӏвай гьабуна музеялъул нухмалъулей Насибат Хӏажиевалъ. Гьитӏинаб Чӏарада. Гьадин абуниги мекъи ккеларо, музеялда ругел щибаб росдае сайгъат гьарурал кӏудиял альбомал рихьидал. Гара-чӏварана Насибатгун. Ва гьелъ нижее бицана музеялъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n— Районалъул гӏадамазул, росабазул жамагӏатазул, жамгӏиял гӏуцӏабазул тӏалабазда рекъон, Чӏарада районалда 2003 соналда рагьана муниципиалияб музей. Квегӏенаб, рес рекъараб бакӏ кьун буго Культурияб рукъалъул кӏалгӏаялъуб музеялъе. Гьенир чӏезарун руго музеялде рачӏунел гӏадамазе дандекколел шартӏал, музеялъул къай-экспонатал, документал цӏуниялъе ва гьел хайир кьоледухъ хӏалтӏизариялъе шартӏал.\nМузей рагьиялъулъ, гьениб хӏалтӏи гӏадамал разилъуледухъ гӏуцӏиялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Хӏалимат Рамазановалъ. Цӏикӏкӏараб лъай, хӏалбихьи бугей Хӏалиматил иш ракӏбацӏцӏадго, щвалде щун тӏубазабизе хӏаракат бахъулеб буго жакъа дицаги.\nМузеялъул культуриябгун рухӏияб нахърател данде гьабиялъе, гьеб мухӏканго бициналъе ва цӏуниялъе гӏоло хӏалтӏулей йиго. Хадусел гӏелазе районалъул тарих цӏуни – гьеле музеялъул хӏалтӏул аслияб мурадги.\nМузеялъулаб тайпаялъул экспонатал ралагьизе, ракӏаризе ва дандразе дун щвана щибаб росулъе, батана гьелда щивав чиясдехун кӏалъаялъе нухал ва къагӏидаби. Гьабсагӏаталда музеялда руго 5000 экспонат, гӏемерал тарихиял кӏвар бугел документал, суратал. Музеялъул анлъго отделалда буго археологияб бутӏаялдаса жакъасеб культураялде ва искусствоялде щвезегӏан материал. Гьанир руго магӏарулаз хӏалтӏизарулел рукӏарал рукъалъул къайи, ретӏелхьит, музыкалиял ва цогидалги гӏумруялъулъ хӏажаталлъун рукӏарал алатал, магӏишат гьабиялъулъ хӏалтӏизабулеб букӏараб къайи-къоно.\nГӏуцӏана 20-ялдаса цӏикӏкӏун стенд, батӏи-батӏиял темабазда хурхараб:\n«Халкъалъул бахӏарзал», «Кидаго цӏунана бахӏарчилъи», «Гӏадлу-низам цӏуниялъул ветеранал», «Нилъер гӏалимзаби», «Мустахӏикъал хӏалтӏухъаби», «Шагӏирзаби – хъвадарухъаби, «Цӏар рагӏарал спортсменал» ва гӏемерал цогидалги.\nРайон гӏуцӏиялъул, хадубккунги гьелъул цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицунел гӏемерал документал, гьарун руго берцинго къачӏарал, жанир тарихиябгун, гӏадамазе пайдаяб, магӏнаяб баянал ругел альбомал. Масала:\n— Тарихалде арал руччаби — Кавказалъул рагъул гӏахьалчагӏи — Лъай гьечӏолъи лъугӏизаби — Гӏурус учительзаби, тохтурзаби. — Район цебетӏезабиялъулъ нухмалъи гьабурал гӏадамал, — Рагъул соназда чӏарадисезул гӏахьаллъи ва ракьцояз гьабураб материалияб кумек.\nМузеялде рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Масала, цохӏо апрель моцӏалда музеялде вачӏун вуго 350 чи, гьезда гьоркьор гӏемерисел ккола школлъимал ва гӏолилал. Гӏемер рачӏуна гьалбал, гьединго туристал.\nРайоналда музей лъугьун буго рухӏияб тарбия кьеялъул центрлъун. Планалда рекъон тӏоритӏула тематикиял тадбирал, тӏоритӏула батӏибатӏиял выскавкаби ва цогидалги тадбирал.\nШколлъималазе тӏоритӏула музеялъулал дарсал, буго гӏуцӏун музеялъулаб класс, лъималазда ва кӏудиязда гьоркьоб тӏобитӏизабула музеялъул экспонатазул, гьениб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ баянал. Гьединго хӏаракат бахъула бухьен кквезе культураялъул, лъай кьеялъул, диниял, муниципалиял идарабазулгун, жамгӏиял гӏуцӏабазул, ай харабазул, руччабазул, ветераназул Советазулгун. Дирго хӏалтӏи, пикраби гьездехун дандрала.\nМузеялъул хӏалтӏулъ гӏадатлъун лъугьун буго «музеялъул фестиваль» тӏобитӏи, ай творческиял махщелчагӏи гьенире къабул гьари. Ахирисел моцӏазда музеялде рачӏаразда цере рахъана кочӏохъаби Наида Ибрагьимова, Зарипат Нурмухӏамадова, Супайнат Хӏасанхӏусейнова, Гӏайшат Зуберова, Бурлият Къурбанова, Раисат Халикъова. Кучӏдул рикӏкӏиналъул конкурсал тӏоритӏулаго, музеялъе кӏудияб кумек щола шагӏир ва кочӏохъан Жавгьарат Хӏасанхӏусейновалъулги.\nМузеялъул кӏвар борхиялъе, гьелъул хӏалтӏи цебетӏеялъе унгоунгояб тӏалаб-агъаз, кумек гьабулеб буго районалъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовас, лъай кьеялъулгун культурияб отделалъул начальник Шамил Мустӏапаевас, районалъул культурияб рукъалъул директор Мухӏамад Гӏусмановас.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "13088-uchitelasul-bazoviyab-kharzh-51-azargo-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13088-uchitelasul-bazoviyab-kharzh-51-azargo-g-urushch", "title": "Учителасул базовияб харж-51 азарго гъурущ", "date": "2021-07-23 08:44:16", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Тӏоцебесеб июналда РФялъул Пачалихъияб Думаялда цебе лъуна педагогиял хӏалтӏухъабазул харжал цӏикӏкӏинариялъул хӏакъалъулъ законалъул проект. Гьелъул автор ккола ЛДПРалъул депутат Максим Зайцев. Кинал хиса-басиял гьаризе кколин абулеб бугеб проекталъул авторас?\nМасала, гьес абулеб буго РФялъул Захӏматалъул кодексалъул №144 статьяялъул лъабабилеб бутӏаялда гьадин хъвазе кколин: «Гӏаммаб лъай кьеялъул программаби гӏумруялде рахъинарулел пачалихъиялги муниципалиялги лъай кьеялъул идарабазул педагогиял хӏалтӏухъабазул базовияб оклад чӏезабула бищун дагьаб моцӏрол харжалдаса (МРОТ) ункъо нухалъ цӏикӏкӏараб роценалда», — ян.\n2021 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе Россиялда МРОТ бащалъула 12792 гъурщида. Гьебги хӏисабалде босун, депутатас абухъе ункъцӏул харж цӏикӏкӏинабуни, учителасул оклад бахине буго 51168 гъурщиде. Рехсараб проекталда хъван буго: «РФялъул хӏукуматалъул официалиял баяназда рекъон, гьабсагӏаталда улкаялъул учительзабазе моцӏрое щола, гьоркьохъеб къагӏидаялъул хӏисабги гьабун, 42000 гъурущ.\nГьелдаго цадахъ, батӏи-батӏиял цӏех-рехазулги мониторингазулги хӏасилазда рекъон, гӏемерисел учительзабазе хӏакъикъаталда щола регионалда бугеб гьоркьохъеб харжалдецин бахунареб гӏарац ва гьеб, РФялъул субъекталъухъ балагьун, гӏемерго батӏияб буго», — ян.\nХадуб депутатас рехсон руго гьадинал мисалалги: Ростов, Кострома, Курган, Псков областазул учительзабазе щола 19000 гъурущ, Архангельск, Свердловск областазул ва Пермь краялъул педагогазе – 24000 гъурущ, Мурманск ва Сахалин областазда – 30000 гъурущ (севериял процентал тӏаде жураялъул хӏасилалда). Дагъистаналда учителасул гьоркьохъеб харж буго 24484 гъурущ (https://www.trud.com/ сайталъул баяналда рекъон).\nМаксим Зайцевасул проекталъе хъвараб баяналда мухӏкан гьабун буго: учителасул харжалъул рехсараб роцен ккола, аслияб окладалде тӏаде цогидал хъулухъал тӏуразариялъухъ щолеб гӏарацги жубан кколеб хӏасил.\nМасала, жинца кьезе тӏалъулел дарсазда тӏадеги дарсал кьей, методистлъун, школалъул психологлъун яги библиотекарьлъун хӏалтӏи.\nГӏемерисеб мехалда харжалде тӏаде жубала гъирабазабиялъул бутӏаялдаса щолел гъурщалги – гьебги кколаро щивав учителасе щолеб жо. Мукъсанаб харж щолеб букӏиналъ, гӏолилал унел гьечӏо школалда учительлъун хӏалтӏизе.\nЛъабгогӏан соналъ бицунеб буго учителасул харж цӏикӏкӏинабизе кколин абун. Гьелда тӏасан бахӏсалги лъугӏулелго гьечӏо. Цебеккун Пачалихъияб Думаялде кьун букӏана КПРФалъ хӏадурараб гьединабго магӏнаялъул проектги, амма гьеб депутатаз къабул гьабичӏо. Гьанже гьединабго хӏаракат загьир гьабулеб буго ЛДПРалъул депутатаз.\nГӏемерал суалал рижизарула гьеб законалъул проекталъ.\nМасала, проекталъул тексталда хъван буго учителасул отпускалде тӏаде анлъго къо жубазе кколин абун, ай 42 къоялъул бакӏалда 48 къо гьабизеян абун. М. Зайцевасда лъалеб гьечӏо учителасул отпускалъул 56 къо бугеблъицин. Пачалихъияб Думаялде проект кьелалде гьес абулеб букӏана учителасул харж лъабцӏул цӏикӏкӏинабизе кколин абун. Проекталда хъван бугоан ункъцӏулилан абун.\nКин бугониги, ЛДПРалъ Думаялде кьураб законалъул проекталъухъ хал гьабизе буго хасалихъе – ихдалилаб сессиялде гьеб кватӏана. (Ургъунгоцин гуродай кватӏарабин абураб суалги бачӏунеб буго – хасалихъе Пачалихъияб Думаялде рищиял рукӏине ругелъулха).\nПроекталъул рахъ кквезе бугищ депутатаз? Гьелъие жаваб щвела цӏияб цӏалул сон байбихьун хадуб.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "13089-gurkhiel-rakhimuyal-ul-khiilla-rekiki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13089-gurkhiel-rakhimuyal-ul-khiilla-rekiki", "title": "Гурхӏел-рахӏмуялъулъ хӏилла-рекӏкӏ", "date": "2021-07-23 08:57:04", "categories": ["obshestvo"], "text": "2020 соналда гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде ва социалиял гӏуцӏабазде, банкалъул картаялдаса гӏарац битӏиялъул рахъалъ Россиялъулго регионазда гьоркьоб ункъабилеб бакӏалда буго Дагъистан. 2019 соналдайин абуни 13-абилеб бакӏалда букӏана, дагъистанияз 14,5 азарго нухалда битӏун буго гӏарац. Гъоркьиса — 90 азарго нухалда битӏун буго. Цӏикӏкӏунеб буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондаздасан гӏадамазе кумек гьабулезул къадарги. Гьелдаго рекъон, цӏикӏкӏунел руго гӏадамазул лъикӏлъиялдаса пайдаги босун, хӏилла-рекӏкӏ гьабулелги. Гурхӏел-рахӏмуялъулъ дандчӏвалел хӏиллаял ишазул ва гьездаса кин цӏунилелали бицун, дагьаб цебегӏан Махӏачхъалаялда тӏобитӏана данделъи.\nХӏиллачагӏаздаса цӏунулеб проект\nМискиназе, пакъиразе, унтаразе ва гӏумруялъул цогидалги балагьазде ккарал гӏадамазе кумек гьабун гурхӏараз бакӏарулеб гӏарац цо-цо хӏиллачагӏазул чунтбузухъе кколеб бугин ва гьелдаса цӏунизе кколин бицана данделъиялда.\n— Гурхӏел-рахӏмуялъулъ хӏилларекӏкӏ гьабиялъул хӏужжаби жакъа гӏемер дандчӏвалел руго. Гӏадамаз бакӏарараб гӏарац хӏиллачагӏазухъе кколаредухъ, хӏалтӏи гьабулеб буго нижеца ахираб ункъо соналда жаниб. Гурхӏел-рахӏмуялъул гӏуцӏаби ва хӏиллачагӏи ратӏа рахъулеб куц гӏадамазда бичӏчӏизабизе ккола. Хасал гъутухъазда жанибе ва пуланав чиясул картаялде реххулеб гӏарац кибе унеб бугебалиги пикру гьабизе ккола, — ян абуна «Все вместе за разумную помощь» абураб проекталъул нухмалъулей Анжелика Ивановалъ.\nДанделъиялда гӏахьаллъарал жамгӏиял ва социалиял гӏуцӏабазул вакилзабаз, блогераз, бизнесменаз ва цогидазги республикаялда гурхӏелрахӏмуялъулъ хӏилла-рекӏкӏалде данде къеркьеялъул хасаб хӏалтӏулаб къокъа гӏуцӏизе хӏукму гьабуна. Гьединал такъсирал гьукъиялъе цо чӏараб къагӏида гӏуцӏизе ракӏалде ккана гьезда.\n— Цебехун нижеца гӏуцӏун букӏана «Доброфон» абураб проект. Гьеб ккола Дагъистаналда ругел гурхӏелрахӏмуялъул аслиял фондал: «Инсан», «Надежда» ва «Чистое сердце» фондаз кумек гьабулел гӏадамазул цойиде буссинабураб электроннияб база. Гьенире руссинарун руго цо нухалъниги гьел фондазде кумек гьарун рачӏарал гӏадамазул хӏакъалъулъ киналго баянал. Гьелдалъун нижеда бажарула цо чиясе чанго батӏияб фондалдаса кумек гьарулезул хӏилла-рекӏкӏ тӏатинабизе, — ян бицана «Друзья милосердия» Дагъистаналъул гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул ассоциациязул нухмалъулев Тимур Хӏажижараевас.\nБожилъи гьечӏел фондал\nГурхӏел-рахӏмуялъулъ хӏиллачагӏи щалха кколел? Гӏадатиял гӏадамаз гурхӏел-рахӏмуялъеян кьолеб гӏарац хӏиллачагӏазухъе кин кколеб? Гьединал суалазе баян кьолеб буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул ассоциациялъул нухмалъулесги, цогидал жамгӏиял хӏаракатчагӏазги.\nХӏиллачагӏаз хӏалтӏизарулел къагӏидабазул цояблъун ккола, гьезего гьечӏеб унтудаса «сах гьаризе» гӏарац бакӏари, яги унго-унгоги унтун, ялъуни цогидаб балагь-къварилъиялъукье ккун, хӏажаталдасаги цӏикӏкӏун гӏарац бакӏари. Дагъистаналда руго цо-цо щакал гӏуцӏабиги, гурхӏел-рахӏмуялъе гӏарац бакӏари бизнеслъун жидее лъугьарал. Нилъеда гӏемер рихьула батӏи-батӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз Интернеталдаса тӏиритӏизарулел, гӏадамазул ракӏ гурхӏизабулел видеороликал.\n— Гурхӏел-рахӏмуялъул цо-цо гӏуцӏабаз, къварилъиялде ккун кумек гьарулел гӏадамал, киналго гурхӏиледухъ, камераялда цере гӏодизе тӏамулел руго. Гьединал гӏуцӏабаз социалиял гьиназда, «Дагъистаналъул пабликазулгун къотӏи-къайги гьабун, тӏиритӏизарулел руго кумек хӏажатазул хӏакъалъулъ рахъарал видеороликал. Гьезги щибаб ролик тӏибитӏизабуралъухъ гӏарац босулеб буго, гурхӏел-рахӏмуялъе бакӏарараб гӏарцудаса, — ян бицана данделъиялда Хӏажижараевас.\nБожизе бегьулел, хӏилла-рекӏкӏ гьечӏел гурхӏел-рахӏмуялъул фондазин абуни гӏарац бакӏаризелъун Интернеталда тӏиритӏизарулел видеороликазухъ яги цогидаб информациялъухъ гӏарац кьоларо. Гьезие рекламаги хӏажалъуларо.\nУнтаразе кумекалъе гӏарац бакӏарулелъул ва гьезие дандекколеб медицинаялъулаб кумек гьабулелъулги дандчӏвазе рес буго хӏиллачагӏи. Гьединал гьоркьохъабаз жидеего хайирги гьабун, кколелдаса цӏикӏкӏун абизе рес буго операциялъухъ яги цогидаб хъулухъалъухъ гӏарац. «Друзья милосердия» ассоциациялъ гӏуцӏараб «Врачи надежды» абураб проекталда рекъон, унтараздаги медицинаялъул гӏуцӏабаздаги гьоркьохъаби гьечӏого тӏубалеб къагӏида хӏалтӏизабулеб буго. Гьеб проекталда рекъон, унтаразул ва медицинаялъул гӏуцӏабазул цӏех-рех гьабула, унтарав сах гьавизе кигӏанасеб къадаралда гӏарац хӏажалъулебали хӏисаб гьабула.\nГӏантал чагӏи гьечӏони, гӏакъиласе боцӏи киса щвелеб?\nРоссиялда буго кинабниги 13000 гурхӏел-рахӏмуялъул фонд. 2020 соналда гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде гӏарац кьун буго, улкаялъулго гӏадамазда гьоркьор 49 проценталъ. Дагъистаналдаги гурхӏел-рахӏмуялъул фондал дагьал гьечӏо. Щай гьел къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел ругел? Гурхӏелрахӏмуялдаса кинаб хайир гьезие щолеб?\nЗаконалда рекъон, гурхӏелрахӏмуялъул фондазде гӏадатиял гӏадамаз бакӏарараб гӏарцудаса бутӏа хӏалтӏизабизе бегьула гьел фондазул вакилзабаз. Жидеца гьабураб хӏалтӏухъ яги гьелъие хӏажатаб къайи босизелъун хӏалтӏизабизе бегьула фондалде бакӏарараб гӏарцудаса 20 процент. Цо-цоязе гьебги гӏечӏого, пуланав чиясе гӏарац бакӏарулеб бугинги абун, гьесие дагьабго гӏарацги кьун, зама-заманалдасаги бакӏарула гӏарац. Унтараб лъимадул суратал хӏалтӏизарулел руго чанго нухалда. Гурхӏел-рахӏмуялъе бакӏарулеб гӏарцуда хадуб халкколеб ва хӏиллачагӏазе тамихӏ гьабурал хӏужжабиги гӏемер гьечӏо нилъер улкаялда.\nГурхӏел-рахӏмуялъул фондалде гӏарац кьолелъул, гьеб кумек хӏажатасул кодобе щвезе букӏин кин лъазе кӏолеб? Нилъеца кьураб садакъа хӏиллачиясул чвантинибе ккечӏого букӏине, щиб гьабизе кколеб? Мискин-пакъирасе кумекалъе гӏарац битӏулаго, кин цӏодорлъи гьабизе кколебали малъулеб буго ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулел гурхӏелрахӏмуялъул фондазул вакилзабазги.\nПуланав чиясе кумекалъе хасаб счеталде яги банкалъул картаялде нилъеца битӏараб гӏарац – гьеб счеталъул бетӏергьанасе кьураблъун рикӏкӏине бегьула. Гьединлъидал лъикӏал фондаз жидерго хӏалтӏухъабазул хасал картабазде гӏарац бакӏаруларо.\nМадарал фондаз транспорталда яги къватӏазда хьвадун киданиги гӏарац бакӏаруларо.\nХасал гӏадамазе яги фондалде гӏарац кьолелъул, сундуе гьеб кьолебали хъван битӏизе ккола. Гьелдалъун нилъехъа бажарула, гьенибе битӏараб гӏарац кибе арабали хал гьабизе.\nФондалде гӏарац битӏилалде, халгьабизе ккола гьеб пачалихъалда цебе хӏисаб кьолеб идара бугищали. Гьеб кинабго батизе бегьула Интернеталда.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАДОВА"}
{"slug": "13140-dag-istan-tiotsebeseb-bakialda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13140-dag-istan-tiotsebeseb-bakialda", "title": "Дагъистан-тӏоцебесеб бакӏалда", "date": "2021-07-29 12:49:20", "categories": ["obshestvo"], "text": "Россиялъул шагьаразда гьоркьоб хӏухьбахъиялъе туристаз бищунго цӏикӏкӏун тӏаса бищулеб шагьарлъун рикӏкӏана Махӏачхъала. Август моцӏалда туристал хӏухьбахъизе ине ругел бакӏазул цӏех-рех гьабун хадуб гьединаб баян кьуна «OneTwoTrip» гӏуцӏиялъ. Кӏиабилеб ва лъабабилеб бакӏалда буго Геленджик ва Ставрополь. Махӏачхъалаялда ва Геленджикалда хӏухьбахъи Сочиялдаса ва Ялталдаса къадараб гьечӏин хъвалеб буго сапаразде хӏадурлъизе кумек гьабулеб гьеб гӏуцӏиялъ.\nРесал ва шартӏал\nДРялъул Туризмалъул министерствоялъул баяналда рекъон, республикаялде рачӏунел туристаз аслияб къагӏидаялда тӏаса рищула Сулахъ къварилъи, Дербенталъул хъала, Шамил, Гъуниб, Хунзахъ, Дахадаев ва цогидалги районазда ругел тарихиялгун тӏабигӏиял бакӏал.\nРеспубликаялда туризм цебетӏолеб букӏин ва туристазе санагӏалъаби гӏуцӏулел рукӏин бихьулеб буго. 15 августалдаса байбихьун, лъикӏал автобусазда туристал раччулеб маршрут хӏалтӏизе биччазе бугинги лъазабуна ДРялъул Экономикаялъул министерствоялъ. Гьединго республикаялъул Туризмалъул ва художествиял промыслазул министерствоялъ туристал хьвадулел бакӏазда рагьулел руго информациялъул централги.\nТуристал рази ругищ?\nРази ругищха туристал нилъер республикаялда гьабулеб рукӏарахъиналъул хъулухъалдаса? Туристаздаса пайда босулеб буго туризмалъул компанияз, квана-гьекъолел бакӏазул хважаинзабаз. Амма жидеего хайир щвей гуреб, инсанасул гӏумру ва сахлъи цӏуниялъе шартӏал чӏезарулел гьечӏо. Дагьаб цебе Сулахъ къварилъухъ гьулакалда рекӏарал, гьелъул кварги тӏун, лабаллъуде рортиялъул цӏех-рех гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Туристазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиялъе кинабгӏаги техника чӏезабун гьечӏин абулеб буго турфирмабазул вакилзабаз.\nДагьал церегӏан къоязда инстаграмалда тӏибитӏун букӏана Сулахъ къварилъухъе щварай туристкаялъ гьабураб видео-хитӏаб. «Гьалгощинал гӏадамал рачӏунеб бакӏалда, ай кьурал рагӏаллъи сверун къачӏого кин толеб? Гьанире рачӏунеб нухги квешаб буго. Туристал хӏадурал руго гьаб берцинлъи бихьизелъун гӏарац харж гьабизе. Амма квеш ккараб жо буго шартӏал гьечӏолъи. Сулахъ къварилъи гӏадал бакӏаздецин, шартӏал гьечӏони, гӏадамал хьвадизе гьечӏо», — ян абулеб буго гьелъ.\nТуристаздаса рази ругищ?\nЦо-цояз гьеб видеоялда гъоркь хъвалеб букӏана, Сулахъ къварилъиялъул рагӏаллъи хьуриялъ къани, тӏабигӏаталъул берцинаб сипат хвезабулин, гьанжелъизегӏанги гьеб къачӏого тӏуралел рукӏанин. Цогидаз хъвалеб буго шартӏал къваригӏарал туристал цогидал бакӏазде ине бегьулин, гьел нилъее хӏажатал чагӏи гурин.\nКин батаниги, къойидаса къойиде гӏемерлъулел руго республикаялде рачӏунел туристазул къадар. Цоял рачӏунел руго турфирмабазул кумекалдалъун, цогидал жидерго транспорталда рекӏун. Гьединаз, цо-цо мехалда, кӏвар гьабулеб гьечӏо нилъер гӏадатазул ва диналъул. Гьединлъидал, росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамал рази гьечӏо туристазул хьвада-чӏвадиялдасаги.\nГӏайиб буго гидазда «Дагьав цевегӏан зигараялъ росулъе унаго, нухда бихьараб сураталъ хагазавуна дун. Зирани росдада дандбитӏун бугеб хӏорихъ гъоркьан ратӏлилъ чвердолел ругоан гьалбал. Хӏисаб гьабе, мугӏрузул районазда гьединал «чвердолел бакӏал» рагьани, ахир-къадги кинаб хӏалалде нилъеца нилъго рачине ругелали?\nРоссиялъул шагьаразда дагъистаниял кьурдани, гьеб рикӏкӏуна низам хвезабилъун. Нилъер республикаялде рачӏарал гьалбалин абуни жидеего бокьухъе рукӏунел руго.\nНилъеца цӏунула щибаб халкъалъул культура. Гьелдаго рекъон, туристаздаги тӏадаб буго нилъер гӏадатазулги диналъулги адаб гьабизе. Цо рахъалъ гьелъул гӏайиб буго туристазда бакӏалъулаб низам бичӏчӏизабизе лъаларел гидаздаги. Туристазда бицине ккола нилъерго рукӏа-рахъиналъул ва гӏумру гьабиялъул къагӏидабазул хӏакъалъулъ». Гьадин хъвалеб буго динияв хӏаракатчи, гӏалим Гӏалихӏажи Сайгидхӏусеновасул инстаграм-гьумералда.\nДагъистаналде щварал цо-цо туристазги гьарула жидерго ракьцоязе малъа-хъваял. Масала, Псковалдаса туристаз хъвалеб буго: «Дагъистаналде унаго кӏвар кьезе ккола ратӏлиде. Гьеб букӏине ккола рекъечӏеб жо жиндилъ гьечӏеб, гъорлъан канлъи бихьулареб, гъежквер бахчараб. Бихьиназги къокъал тӏажал ретӏине рекъараб гьечӏо. Гӏаракъи гьекъезе, чорокаб мацӏ бицине, руччаби къаси мехалъ цадахъ бихьинал гьечӏого къватӏире рахъине, хъалиян цӏазе лъикӏаб гьечӏо. Къаси къватӏахъе рахъунин абун руччабазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏо, амма бакӏалъулал гӏадамазда гьоркьоб гьединазул хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб пикру бижизе рес буго. Тӏабигӏаталда рацӏцӏалъи ва низам цӏуне», — ян.\nГьединал малъа-хъваяздаса нилъеразгоги пайда босани лъикӏаб букӏина.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "13141-g-amsuke-tiadrussine-bokun-bugo-amma", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13141-g-amsuke-tiadrussine-bokun-bugo-amma", "title": "Гъамсукье тӏадруссине бокьун буго, амма…", "date": "2021-07-29 12:54:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялда гьоркьоб лъун букӏана Гъамсукь росдал суал. Гьелъул бицана рехсараб министерствоялъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Хӏабиб Жанаевасги Чӏохъ росдал администрациялъул бетӏер Салим Салимовасги.\nСалимовасул рагӏабазда рекъон, Гъамсукь цӏи гьабизехъин буго. Амма гьабсагӏаталда туристалги хьвадулеб чӏунтараб росулъ гуреб, гьелда гъоркь, лъарал рагӏалда минабиги ран.\nГьединго С. Салимовас баян гьабуна гьенире рахъунел гӏадамазул букӏине кколин Чӏохъ росулъ гьабураб хъвайхъвагӏайги чӏахъадерил росдал администрациялде кьураб гӏарзаги. Гьезие ах-хуралъе хӏалтӏизаризе яги минаби разе ракьал кьелалде росдал генералияб планги тасдикъ гьабун бахъине ккола.\nСалимовас тӏаде жубана цереккун кьурал гӏарзабазда рекъон, цо-цо гӏадамазе гьеб бакӏалда анцӏ-анцӏ сотых ракьулги кьун букӏанила, амма гьез гьениб капиталияб куцалда минаби ранила. Гьединго гьел ран рагӏула гӏибоцӏи гочинабизе тараб нухдаги.\nРакьулгун мал-мулкалъул министерствоялъул вакилзабазда ракӏалде ккана гьеб киналъулго халгьабизе Гъамсукье «Дагтехкадастр», Россельхознадзор, Минсельхозпрод гӏуцӏабаздаса хӏалтӏухъабиги данде гьарун, хасаб комиссия битӏизе.\nГьедин хъвалеб буго министерствоялъул сайталда.\nГьелда бан нижер хӏукму ккана жалго Гъамсукь росдал гӏадамазухъги гӏенеккизе. «Инстаграмалдаги добагьанибги хъвалареб жо гьечӏо гьанже нижер рахъалъ. Масала, Гъамсукье рачӏунел туристал сабаблъун гӏарац гьабизе къваригӏиналъ ругила ниж росулъе тӏадруссине бокьун. Гуро, нижее щибниги хӏажат гьечӏо, ниж жалго тани бокьилаан.\nСоветияб заманалда умумул магӏарухъа гӏатӏиракьалде гочаниги, гьанже нижее бокьун буго росу цӏи гьабизе, гьенире тӏадруссине. Гьединлъидал гьанжеялдаса 20 соналъ цере ниж зама-заманалдасан гьенире щолел рукӏана. Чадралги чӏван рукӏунаан, чӏезе бакӏ гьечӏолъиялъ. Цинги 14 соналъ цебе байбихьана нижеца гьенир тӏоцересел минаби разеги. Гьабсагӏаталда 17 чиясул мина буго гьениб.\n2008 соналда нижеца гӏуцӏана Гъамсукь росу цӏи гьабиялъе хасаб фондги.\nГьанже рахъун нижеда лъазабулеб буго гьел минаби риххизаризе кколин. Щайгурелъул изну гьечӏого, нижецаго ккун ракьалгун ран ругила гьел. Тӏубанго ццим гьалаглъана гьел минаби рарал бакӏазда гӏагарлъухъ хасаб гӏаламатги чӏван, росдал кӏалалда жанире рачӏине нижее гьукъизе байбихьидал. Ниж нижерго рокъоре рачӏине ругин абидал, гьенир нух къан чӏарал чагӏи ахӏдола нуж гьаниса гурин, гьал ракьалги нужер гурин абун. Гьедин батани, росулъе риччаралъухъ туристазухъа бакӏарулеб гӏарцухъ нухалниги щайха къачӏаларел, лъим щай бачунареб?\nГьеб кинабго нижерго ресалда рекъон гьабула нижеца. Нижер гӏолохъабаз чанго километралъул манзилалда цӏарал лъел рогӏрал туристал раччулел чуязгун машинабаз мерхьун, хвезарулел руго. Доле тӏатӏала ккезе хутӏараб жо гьечӏо басрияб Гъамсукь росдал. ЮНЕСКОялъул сияхӏалде босараб кӏиго си буго доба. Лъица гьелда хадуб хал кколеб бугеб?\nНижеца гӏезегӏан идарабазде кагътал хъвана гьелъул бицун. Амма киса-кирго тӏаса рихьизарулел руго», — ян бицана Гъамсукь росдал гӏадамаз.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "13142-tsiuntia-rajonal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13142-tsiuntia-rajonal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev", "title": "Цӏунтӏа районалъул цӏияв нухмалъулев", "date": "2021-07-29 12:55:31", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 июлалда Цӏунтӏа мухъалъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулевлъун тӏамуна Ахӏмад Хӏамзатов.\nГьес рагӏи кьуна республикаялъул бетӏерасул божилъи ритӏухъ гьабизе ва Цӏунтӏа район цебетӏезабиялде кӏвар кьезе.\nГьанжелъагӏан гьеб хъулухъалда вукӏарав Шамил Мухӏамадов жинда сверухъ байбихьараб цӏех-рех рагӏалде бахъинегӏан гӏодов чӏезавун вуго.\nЦо млн гъурщиде гӏагарун ришват босулеб батанилан, ФСБялъул хӏалтӏухъабаз гьев ккуна исана 18 апрелалда."}
{"slug": "13143-pachalikh-iyal-premiyal-ordenal-tsiaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13143-pachalikh-iyal-premiyal-ordenal-tsiaral", "title": "Пачалихъиял премиял, орденал, цӏарал", "date": "2021-07-29 12:56:37", "categories": ["shapak-atal"], "text": "26 июлалда Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовас шапакъатал кьуна батӏи-батӏияб махщалилъ тӏокӏлъи бихьизабурал дагъистаниязе. Масала, гьезда гьоркьор руго росдал магӏишаталъул, экономикаялъул, медицинаялъул, спорталъул, культураялъул хӏалтӏухъаби, гӏалимзаби, гьединго, ДРялъул Пачалихъиял ва Хӏамзатил Расулил премиязе мустахӏикълъарал журналистал, шагӏирзаби ва цогидалги.\n«Тайная тетрадь» абураб публицистикаялъул тӏехьалъухъ Пачалихъияб премия щвана «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор, журналист Мухӏамад Бисавгӏалиевасе. Гьес абуна цересел соназда комиссиялда гъорлъе щаклъи кколел чагӏиги журан, гьеб премиялъул къимат хвезабун букӏанин, амма исана гьелъулъ ритӏухълъи чӏезабунин абун. Гьединлъидал, Бисавгӏалиевасул пикруялда рекъон, гьединаб бербалагьиялъ тӏалъиялдехун халкъалъул божилъи бижизабула.\n«Дербентское ковроткачество» абураб монографиялъухъ премия кьуна этнограф, тарихиял гӏелмабазул доктор Мухӏамадхан Мухӏамадхановасе.\nПачалихъияб премия щвана кинавниги 14 чиясе. Гьелъухъ гьезие республикаялъул боджеталдасан биччараб гӏарцул гӏаммаб къадар бахуна 4,5 млн гъурщиде.\n«Гьацӏул иццал» абураб кучӏдузул тӏехьалъухъ Расул Хӏамзатовасул премиялъе мустахӏикълъана шагӏир Тубхӏат Зургьалова. Гьелъ абуна Россиялда 2023 сон Р. Хӏамзатовасул сонлъун лъазабун букӏиналъги цӏакъго асар гьабунила жиндие гьеб премиялъ. Тӏадежоялъе, «Рохалил министерствоянги» абулаан Расулица Тубхӏатида. Гьединго гьес гьелъие хъван рукӏана гьадинал мухъалги:\nБацӏада – музыка, Цӏада — рагӏаби,\nРагӏулеб букӏана Тубхӏат лъазегӏан.\nГьанже бацӏадерил руго рагӏаби,\nРагӏулареб кинаб Цӏада музыка?\nМеликовас шапакъатал кьурал машгьурал дагъистаниязда гьоркьов вукӏана «КЭМЗалъул» генералияв директор Ибрагьим Ахӏматӏовги. Гьесие кьуна «Дагъистан Республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏезабиялъе гӏоло» абураб медаль.\nРеспубликаялъул бетӏерас «Дагъистан Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» абураб орден кьуна Россиялъул Пенсиязул фондалъул ДРялда бугеб отделениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏисаевасе.\nГьебго орден щвана гӏалимчи-зоотехник, ДРялда бугеб федералияб аграриябгун гӏелмияб централъул отделалъул заведующий Гӏабдусалам Хӏожокӏовасеги.\n«Хӏакъикъат» газеталъ ракӏ-ракӏалъ баркула киназдаго гьезие щварал тӏадегӏанал шапакъатал. Гьарула хадубккунги сундулъго икъбал."}
{"slug": "13145-kislorodal-ukh-50-mln-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13145-kislorodal-ukh-50-mln-g-urushch", "title": "Кислородалъухъ -50 млн. гъурущ", "date": "2021-07-29 13:02:37", "categories": ["med"], "text": "26-27 июлалда Дагъистаналда коронавирусалъ унтана жеги тӏадеги 204 чи. Гьезда гьоркьоса сахлъана 153-яв ва хвана 11 чи.\nГьабсагӏаталда республикаялда коронавирусалде данде вакцина гьабун буго 229 азарго чиясе.\nКоронавирусалде данде къеркьеялъул тадбиразул цояб ккола унтарал чагӏи кислородалдалъун хьезариги. Амма республикаялъул медицинаялъул идарабазда гӏолел гьечӏо унтарасе кислород кьезе санагӏатал алатал. Гьелда бан, Дагъистаналъул хӏукуматалъухъа кумек гьарун, хитӏаб гьабун букӏана медицинаялъул идарабазул нухмалъулез.\nГьал къоязда ДРялъул хӏукуматалъул нахъраталил фондалдаса 49 миллионгун щунусазарго гъурущ кьолеб буго республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъе. Гьелда бан, хасаб хӏукмуялда гъоркь гъулбасана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас. Гьеб гӏарцухъ росизе руго медицинаялъул идарабазе кислородалъул алатал.\nМуниципалитетазул медицинаялъул идарабазул хитӏабалда рекъон, кислородалъул алатал гьезие кьезе ккола Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ, гьелде хӏажалъи бугищалиги халгьабун."}
{"slug": "13148-khiamzat-g-azimukhiamadov-ditsa-l-ugiizaburab-bishchun-kiudiyab-akademiya-kkola-insukh-a-rosaral-darsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13148-khiamzat-g-azimukhiamadov-ditsa-l-ugiizaburab-bishchun-kiudiyab-akademiya-kkola-insukh-a-rosaral-darsal", "title": "Хӏамзат Гъазимухӏамадов: «Дица лъугӏизабураб бищун кӏудияб академия ккола инсухъа росарал дарсал»", "date": "2021-07-30 07:34:49", "categories": ["insan"], "text": "Дунялалда тӏад цохӏо Унсоколо гурони гьечӏеб махщалие Гъазимухӏамадица Хӏамзат ругьун гьавуна васас ичӏго сон баралдаса нахъе. Цинги 17 сон байдал гьес гьев тӏамуна жиндиего экзамен кьезеги. Гьелъие гӏоло Хӏамзатица жинцаго гьабуна гӏанса, хадуб гьелда тӏад рекьана мельхиоралъул накъищал. Васасул махщалида ракӏ рекъараблъи инсуца загьир гьабуна каранда хасаб гӏаламат баялдалъун. Гьеб букӏана лълъарал кесекалда тӏад ишанги кьабун гьабураб значок.\nДГУялда цӏали лъугӏун хадув Хӏамзат Гъазимухӏамадов цин райкомалда хӏалтӏана. Гьенисан гьев ана Унсоколо художествоялъулаб фабрикаялде гьелъул директорлъун. Банкротлъиялде ккараб гьеб тӏубанго къан хутӏиялдаса хвасар гьабизе байбихьидал, хӏалтӏухъабазул цӏаралдасан Москваялде Горбачевасухъе анонимкагицин хъван батана Хӏамзат Гъазимухӏамадов партиялъул функционер вугилан.\nГьедин жакъа къоялде Хӏамзат вахана Россиялъул халкъияв художник абураб даражаялде. Амма цӏалун гьесие щвараб лъай филологияб буго (ДГУ). Хадувго вахъана философиял гӏелмабазул кандидатлъунги, Россиялъул экологиялъул академиялъул член-корреспондентлъунги (улкаялъул вузазе экологияб культураялъул рахъалъ пособиегицин хъвана гьес).\nГӏезегӏан соназ Хӏамзат Гъазимухӏамадов хӏалтӏана туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоялдаги. Гьев ккола Махӏач Дахӏадаевасул цӏаралда бугеб фондалъул президентги, жеги рикӏкӏен гӏемерал ишазул нухмалъулевги.\nГьеб киналдаго тӏасан Хӏамзатица нижее бицана гьадинаб хабар:\nАмерикаялде нух\nНижер тухумалъул чагӏи яргъил устарзаби рукӏун руго. Надир-шагьасда данде рахъарал гӏадамазе хвалчабигун хунжрул гьез гьарунилан бицуна. Амма гьаб цӏулада ишан кьабиялде кин гьел машгъуллъаралали лъалароха.\nДир кӏудияв эмен Мухӏамадгӏалиги, гьесул бесдал вацги, цойги гӏагарав чи — Унсоколоса Мухӏамад Мусаевгун цадахъ унел рукӏун руго Америкаялде. Цо нухалъ гьениса тӏадруссун рачӏунаго, Англиялде ккун руго гьел. Гьеб мехалда нух бихьизабуралъухъ кодоб букӏараб къайиги цо лордасе кьун, Санкт-Петербургалде рачӏун руго. Амма гьенирги туснахъалда лъун руго гьел, кодоса ярагъги бахъун. Доб мехалда гьенив цӏалулев вукӏарав Махӏач Дахӏададаевас полициялде гӏарзаги хъван, къватӏире риччазарун, хӏалалъ гӏебеде рачӏун руго нижер кӏудияв эменги жеги кӏигоявги.\nГьедин кутакалда божилъи лъугьун букӏун буго нижер чагӏаздаги Махӏач Дахӏадаевасдаги гьоркьоб. Гӏагарлъиялъухъцин течӏого, жиндирго вас Гӏадилгерейги Буйнакскиялда ругел нижер чагӏазухъе кьун вукӏун вуго хьихьизе. Жиндие щибниги ккани, гьесул миллат гьабеян тӏадкъанги букӏун буго гьезда.\nПалхӏасил, нижер кӏудияв инсудасаги цере Америкаялде арал ансалги рукӏун руго.\nТӏоцеве гьезие Америкаялде нух рагьарав чи Унсоколоса Юсупов Мухӏамад вугин абулаха. Чавчавадзел адъютантлъунги вукӏун вуго гьев.\nЖеги самолёталцин гьечӏеб заманалда, океан къотӏун кингӏаги гьел унел рукӏаралалиха. Амма цоцӏул ингун, лъикӏаб даран ккун, гьелъ ракӏ бан буго гьезул хаду-хадурги Америкаялде ине. Хӏадурараб къайи гуребги, добаго гьеб гьабизе цадахъ къайиги унаанила гьез. Америкаялъулазе рокьулел рукӏун руго гӏунсби, трубкаби (хъалиян жаниб лъолеб). Кавказалъулгун гӏурусазул рагъул заманалда бищунго махщалида трубкаби – мундштукал — гьарулел чагӏилъун ансадерил устарзаби рикӏкӏунел рукӏун руго Кавказалда. Гьез гьел гьарулаан чӏегӏераб зазил кьибилалъул (гьелъул биццалъиги чорхое зарал гьечӏолъиги хӏисабалдеги босун). «Держи дерево» ян абула гьелда гӏурусалъ. Гьанжени берцинлъиялъе киб бугониги лъезе, яги сайгъат гьабизе гьеб куракул цӏулалги гьабула.\nТӏоцере росулъе Америкаялдаса дараби росун вачӏарав чи нижер кӏудияв эмен вукӏун вуго. Щиб унтун аскӏоре рачӏаниги, росуцоязе рикьулаанила гьес гьел. Дараби жанир цӏунулел рукӏараб берцинаб цӏулал гъутухъ хадуб дир инсуе щвана.\nАмерикаялдаса рачӏарал кӏигониги кӏулал рукӏана нижер нуцӏида ран. Гилавкул кӏулалин абулаан гьезда (гилавка – цо кило). Гьединго дораса рачӏун рукӏана инструментал, гӏащтӏи, гъецӏ. Гьанже нахъалъагӏанги цӏунун рукӏана гьел.\nГуржиялъе ярмаркаялдеги гӏемер хьвадулев вукӏун вуго кӏудияв эмен.\nАхирисеб нухалда гьедин сапаралдаса тӏадруссун рачӏунелъул, кӏудияв эменги гьесул вацги Буйнакскиялда гьоболасухъ чӏола сордо базе. Цӏадул унтуца унтун ватула гьев. Цинги гьесдасан гьебги бахун, кӏиялго хола.\nГьедин — 12 сон барав чи — бесдалъула дир эмен.\nКӏудияв инсуда цадахъ Америкаялде унев бесдал вацасда цӏар Хӏожол Махӏамадилан абулеб букӏун буго. Ингилис мацӏги лъалаанила гьесда. Америкаялда анлъго моцӏниги бан буго гьез. Гьенире гурелги Франциялдеги, югалъулаб Африкаялдеги, цогидал бакӏаздеги щолел рукӏун руго гьел.\nКрокодилги унсоколосевги\nМастерскаялгун тукабиги рагьун Америкаялда ансадерил букӏараб гӏумруялъул хӏакъалъулъ Дмитрий Труновас хъвалеб буго «Дагестанские умельцы» абураб тӏехьалда.\nХъалиян цӏалеб букӏинчӏониги, ансадерил устарзаби гӏадамал гӏемерал бакӏазде унел рукӏун руго тӏад ретӏун чергес-чухъабигун, кӏалдир ккун муншдукалгун. Жидерго къайиялъе реклама гьабизеха. Гьедин цо нухалда паркалда тира-сверулев вукӏарав цо устарасухъа мундштук хапун ун буго хӏориниб лъедолеб букӏараб крокодилалъ. Релъанхъизе лъугьун руго америкаялъулалги. Гьеб мехалда цо параялда жанив кӏанцӏун гьелда хадувгун, крокодил рекӏеда батилалде бахъун гьелъул кӏалдиса мундштукгун, унсоколосев хӏориниса къватӏиве кӏанцӏун вачӏун вуго. Гьакӏкӏан хутӏун америкаялъулалги рукӏун руго. Труновас хъвалеб буго гьедин.\nНижер кӏудияв инсуда цадахъ вукӏарав цояв – Хӏамзат абурав чи – Америкаялдаго чӏун вуго чӏужуги ячун. Рокъоре тӏаруссунелъул, дир кӏудияв инсухъ жиндирго эбелалъе долларазул пачка битӏун буго гьес. Гьелъ гьел гӏемер мехалъ цӏунунги рукӏун руго. Амма нахъа цояз гьелда малъун бугоан долларазда цӏа лъикӏ рекӏунин, гьел цӏадар лъезе кколилан. Гьединищали лъаларо, амма кир ралагьаниги, гӏагарлъиялда ратун гьечӏоан гьел.\nЭмен\nСталинил заманалдаго курортал ругел шагьаразда рагьулел рукӏун руго халкъияб махщалил артелал. Гьедин Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьилалда цересел соназда дир эмен вукӏана Кисловодскиялда рагьараб артелалъул филиалалъул заведующийлъун. Цинги гьенисанго рагъдеги ун вуго жиндиего бокьун (лъеберилъе санал рахарав чи – авт.). Гӏорхъаби цӏунулезул ротаялъул замполитлъун вукӏун вуго гьев.\nДир эмен ккола Буйнакскиялда букӏараб кооператив тӏоцере лъугӏарал гӏолохъабазул цояв. Колхозазе бухгалтерал хӏадурулел рукӏун руго гьенир.\nЦин ревизорлъунги хӏалтӏун, хадув витӏун вуго гьев Кисловодскиялде гьеб филиалалъул заведующийлъун. Буйнакскиялде цӏализе инегӏан, живгоги гьенив хӏалтӏулев вукӏаравха эмен. Кӏи-кӏи, лъаб-лъаб моцӏица иргадал ритӏулаанила Кисловодскиялде ансадерил устарзаби. Гьедин гӏагарал чагӏаз цадахъ вачунев вукӏун вуго гьитӏинаб мехалда дир эмен.\nКурорталда хӏухьбахъулел чагӏазе цӏакъ асар гьабулеб букӏун буго ансадерил тӏагӏалабаз. Тӏубанго росичӏониги, прокаталъегӏаги росулел рукӏун руго гьез гьел. Масала, доб мехалда букӏун буго гӏунсби кодор кколеб мода.\nРагъдаса хадув эмен хӏалтӏана социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул идараялда. Рагъда чӏваралниги, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏаралниги киналго гӏадамазул хъизаназе (районалда) гьес чӏезабуна пенсия. Гьанжегицин лъаларо цо-цо чагӏазда гъоб заманалда гъос гӏадин тӏадкӏалъазе бажарулареб куцалда, гъалатӏал гьечӏого гӏарзаби хъвазе. Нижер чагӏаз абулаан гӏарза хъвазе къваригӏани, Гъазимухӏамадида аскӏоре айин, гӏарза къабуллъулев чи дов вугилан.\nХӏажатаб документалда хадув бокьараб архивалдеги ваккулаан гьев. Гьединго гӏезегӏан гӏадамаз абуна дида нужер инсуца Къуръан малъарал чагӏи ругила жал.\nПенсиялде ине щуго сон хутӏидал, эмен нахъе ана ансадерил тӏагӏалабазул фабрикаялъул нухмалъиялдаса. Цо чияс абун буго дуца фабрика гӏодоб ккезабулеб бугилан, гьедин батани, дуца бахъинабеха янги абун рокъове вачӏана гьев. Щуго соналда жаниб инсуца фабрикаялда гьабураб хӏалтӏул бицун хӏалкӏоларо.\nНижер киналго вацалги хӏалтӏана гьенир.\nЦӏализе ритӏулеб мехалда гӏагарал чагӏи чӏана цӏали къваригӏинарила гьал лъималазе, фабрикаялда хӏалтӏизе тӏамейила гьел. Битӏараб бицани, гьениб нижее кутакалда лъикӏаб гӏарацги щолаан. Амма инсуца гьесие жаваб кьуна лъай гьечӏев чиясул лъавукълъи букӏунила гъобаги. Гьес абулаан лъабго жо тӏубазе кколила чияс дунялалъул рокъоб — лъайги, динги, махщелги.\nАхирал къоял тӏаде щвезегӏан, 12 соналъ, райкиносеталъул бетӏерав бухгалтерлъун хӏалтӏана эмен. Лъикӏав специалист вукӏиналъ, «Гъазимухӏамад, рокъов гӏодов вукӏунгицин гьабизе бегьила дуца гьеб бухгалтерлъи» ян абулаан директорас гьесда. Командировкаялъ араб бакӏалда инфарктги ккун хвана гьев.\nДица абула инсул халкъияб академия лъугӏизабунин дица. Гьеле гьелъул буго дие бищунго кӏвар.\nИскусство эклектикаялде сверизаби\nХас гьабун цӏалун щвараб художественнияб лъай гьечӏониги, дун ккола Дагъистаналда вугев Россиялъул халкъияв цохӏо художник. Цӏалун художникаллъун рахъарал чагӏаз зарал гьабуна искусствоялъе. Ай, цогидал художниказухъего хӏазе лъугьиналъ, искусство эклектикаялде сверизабуна. Стилал (къагӏидаби) журазаруна. Гьедин гьабизе лъикӏаб гьечӏо гьеб.\nДун абуни ана цохӏо нухдасан. Цо къагӏидаги ккун чӏана дун, гьеб дуруслъизегӏан.\nПихъги кьун, заманалдасан куракул гъветӏ херлъула. Турун хвезегӏан, яги лъица бугониги, цӏадаб лъезегӏан, тӏагӏелги гьабун, дица гьелда кӏиабизеги «рухӏ лъезабула».\nЩибаб тӏагӏалил буго жиндирго гъветӏ. Масала, генул цӏулал букӏуна гӏицӏго цо хасаб тӏагӏел. Гьединго – куракул цӏулалгиха.\nЦӏул дие меседалъул бакӏалда чӏола. Цо нухалда интервью кьолаго, дида гьикъун букӏана кубачиязулги ансадерилги махщалидаги гьоркьоб кинаб батӏалъи бугебан. Дица абуна кубачияз гӏарац цӏуладе сверизабулин, ансадерица абуни цӏул гӏарцуде сверизабулилан.\nГьабсагӏаталда ансадерил махщелгӏан цебетӏолеб цогидаб махщелги гьечӏо Дагъистаналда. Амма квеш ккараб жо буго нижер чагӏи хӏалтӏунгутӏи.\nМасала, щибаб мажгиталъе къваригӏуна гӏанса (рузман къоялъ хутӏба гьабулеб мехалда – авт.). Уфаялъул мажгиталда буго ансадерица гьабураб гӏанса. Дагъистаналъул мажгитахъ щай гъол рукӏине бегьуларел? Гьединго нилъеда сверухъ ругел республикабаздагиха. Дицани садакъадуй рукӏинеги ансадерица гьарулеллъи лъазеги, чанги мажгиталъе сайгъат гьаруна гьел гӏунсби.\nГьединго Къуръан тӏад лъолеб жо букӏуна. Ансадерица гъолда абула финтахӏилан. «Фатихӏа» («Рагьулеб») абулеб рагӏудаса бачӏараб буго гьеб. Республикаялде рачӏарал сайгъаталъе кьезе щай росизе бегьуларел?\n1960 абилел соназда Буйнакскиялда муфтият бугеб мехалда республикаялъул муфтилъун вукӏун вуго Чӏарадаса Мухӏамад-хӏажи Къурбанов. Лъабго гӏанса гьабеян вачӏун вуго гьев нижер тухумалъул чагӏазухъе. Устарзабиго гӏадин, кутакалда дин ккурал чагӏиги рукӏун руго гьел. Нижер кӏудияй эбелалъул вацгӏал вукӏана Мухӏамадгӏали абун, цӏаларав чи. Гьес устарасда тӏадкъан буго гьел гьаризе.\nЦинги хӏежалде ун вуго Мухӏамад-хӏажи гӏунсбиги росун. Гьебгиха Никита Хрущев бетӏерлъудаги вугеб, нилъ тӏуранго диналдаса рикӏкӏалъарал чагӏиянги рикӏкӏунеб мех. Дагъистаналъул муфтияс гьел гӏунсби сайгъат гьарун руго Маккаялъул мажгиталъул имамасеги жеги кӏиго чиясеги.\nКӏиго соналдасан Дагъистаналдаса вакиллъиялъе изну кьун буго хӏеж борхизе. Гьеб мехалда гӏарабаз гьезие Кагӏба-рукъ рагьун буго. Мухӏамад-хӏажида гьениб жаниб бан бихьун буго дол нижер чагӏаз гьарурал гӏунсузул цоябги.\nФабрикаялъул директор\nФабрикаялъул директорлъун хӏалтӏизе лъугьиндал, дица къадада чӏвана киналго накъищазул суратал. Гьелъул щибалда мухӏканго бихьизабунги букӏана расеназда гьоркьоб кигӏан бакӏ толеб, кинаб къагӏидаялда гьел сверизаризе кколелали. Доб мехалда фабрикаялда гьарурал гӏунсби руго гьабсагӏаталда музеялдаса росун рачӏарал гӏадал, къанагӏатаб куцалда гьаруралин кколел.\nДица кутакалда халкколаан качествоялда хадуб. Цо нухалда лак тӏад бахарал тӏагӏалаби ратана дида гохӏ гьабун, цо коробкаялда жанире ран. Лакалда гъорлъ ччурал жал батаӏа-батӏаго лъечӏони, гьазда тӏад лъалкӏал хутӏула гурищилан абидал, жидеца кидаго гьедин гьабулаанин жаваб кьуна хӏалтӏухъабаз. Жидедаса гьединаб стерильность тӏалаб гьабизе кканани, мун больницаялдайищ хӏалтӏулев вугевин махсароги гьабуна гьезда гьоркьоса цо чӏужугӏаданалъ.\n«Мигӏраж»\n«Мигӏраж» абураб хӏалтӏи гьабизе ракӏалде ккаралдаса 50 сон ана. Дун гӏемер ургъана кинаб кӏодолъиялъулдай гьеб гьабилеб, буракъги Мухӏамад аварагги кинандай рихьизарилел абун. Цо жо гьабун, цинги тӏубарал соназ чӏун. Хадубги цогиги жо тӏаде жубан, чӏун. Гьале гьанже ахиралда ракӏалде буракъ боржунеб куцалда бихьизабизе. Бищун тӏаса хъвана «Ашгьаду аллаиллагьа иллалагь, Мухӏамад Расулуллагь» илан. Хадув ургъана чамабилеб зобалдадайавараг Аллагьгун дандчӏвана ян. Гьединал хӏалтӏаби гьарулеб мехалда хӏатталдаса ун гӏемер тарихги лъазабизе кколелъулха. Рамазан Гӏабдулатӏипов чӏун вукӏана дуего цойги гьабейин гьеб «Мигӏраж», гьеб цояб жиндие бичеян. Дица инкар гьабуна, щайгурелъул гьединал хӏалтӏаби такрар гьаруларо. Гьарунани, хола гьезул къимат, магӏна.\n«Мигӏражалъул» диаметр ккола 60 сантиметра. Гьеб гьабсагӏаталда Москваялда музеялда буго.\nДун художник вугин абун чӏечӏого, жиндирго лъайги камил гьабизе ккола чияс. Дица Къуръанги цӏалана, исламалъулгун, гӏарабазул, бакъбаккулгун бакътӏерхьул искусствоги лъазабуна. Философиялъул гӏелмабазул кандидатлъунги вахъана.\nЦӏулада ишан кьабулелъул дие гьеб кинабго кумекалъе чӏана. Масала, чанги устарзаби руго гӏараб хӏарпал хъвазе лъалел. Амма жидерго хӏалтӏулъ гьез гьел хӏалтӏизаруларо. Дица абуни къагӏидалъун гьабуна гьеб – цӏулал тӏагӏалабазда гӏарцудалъун гӏараб хъвай-хъвагӏай бекьи. Тӏоцебесеб гьединаб хӏалтӏи 1991 соналда гьабуна.\nГӏараб хъвай-хъвагӏайги динги лъазабизе гьукъун букӏинчӏо советияб заманалда, жидеего гьабизе бокьунгутӏиялъ рехун тун букӏин гурони. Ранщинал какал гӏелин нужее ян абуни, доре мажгитазде хьвадичӏого чӏезе хӏадурал чагӏи руго гьабсагӏаталдаги. Цо тайпа буго жидеего бокьун диналде рачӏарал, цогидаб тайпа буго зулмуялдалъун гьелде ахӏарал. Нижер районалда Генубги Балахьуниги киданиги къачӏо мажгитал. 1960 абилел соназде щвезегӏан Гьаракӏуниги къачӏо.\nУстарзаби цӏунана\nМоскваялда выставкаялда дида абуна гьал киналго хӏалтӏаби докторасул диссертациялъун рикӏкӏине бегьулила («унцукульская орнаментальная насечка»). Цогидал устарзабаз гьеб цӏулада махх кьаби абун къокълъизабулеб, гӏадатияб жолъун гьабулеб буго. Махх кьабиги батӏи-батӏияб букӏуна. Масала, магӏ кьаби. Кӏвар бугеб жо ккола накъищал гьарун гӏарац-месед, яги цогидаб махх гьелда кьаби.\nДица рикӏкӏуна умумузул гӏадаталги цӏунун цӏи-цӏиял жал ургъизе кколилан. Цо-цоязда гьеб мекъи бичӏчӏун батула. Масала, Манаба Мухӏамадовалъ жубазабуна кӏиго къагӏида – гуржиязулги кубачиязулги, амма гӏадатал цӏуничӏого тана.\nТуризмалъулгун халкъиял махщалил министерствоялда хӏалтӏулеб мехалда дица хӏаракат бахъулаан устарзаби цӏунизе. Масала, Хасавюрт районалъул Сулевкент росулъ гьезул умумузго гьабулеб букӏараб щагӏил къайи-къоно къватӏибе биччазе бана предприятие. Цӏи гьабуна умумузул къагӏидаялда хурдузул релъеналги хӏалтӏизарун, халичаби ресси. Маджалисалда рагьана Хайдакъалъул угьарулеб къагӏида малъулеб центр. Киналгӏаги откаталги ришваталги росичӏого, квербакъана устарзабазе грантал щвезаризе. Гьаруна гьезие выставкаби. Рамазан Гӏабдулатӏиповасул заманалда Махӏачхъалаялда рагьана «Город мастеров» абураб парк. Гьединаб пикру дица кьун букӏана республикаялъул тӏалъиялъе. Гьеб паркалда аскӏоб бугеб выставкабазул залги (Туризмалъулгун халкъиял махщалил министерствоялъул бакӏ) шагьаралъул нухмалъулез нахъе унеб букӏун, хӏалалъ тезабуна дир квербакъиялдалъунги.\nГьединго Дагъистаналъул орденалъул эскизги тӏоцебе дица гьабуна.\nПалхӏасил, тӏокӏалъ чӏечӏого дидаго тӏад хӏалтӏулев вукӏуна дун.\nМухӏамад-хӏажи абун гӏагарав чи вукӏана нижер. Гьес гӏараб хӏарпал малъулеб мехалда гӏурав чи вукӏана дун. Гьабсагӏаталдаги нечоларо дун цо щиб букӏаниги жо лъалеб гьечӏин, гьеб малъеян гьаризе. Мунагьал чураяв инсуца абулаан гӏабдалилан гӏадамаз тарав чиясул санги гьабичӏого, гьесда аскӏоса нахъе унгеян. Тӏубараб харбида гьоркьоса цо рагӏиниги щулияб бачӏине рес бугила гьесул кӏалдисан. Гьеб бищизе лъани, гьелъулги кӏудияб пайда бугила дуе.\nГьединго, дида гӏемер гьикъула дуца гьел тӏагӏалаби гӏицӏго тӏад ишанги кьабун щайин толарел, байбихьудасанго мунго цӏулал форма-куц гьабизе лъугьинчӏого абун\nГьелъулги хӏалбихьана, амма дир ракӏ рекъечӏо цогидаз гьел гьарулеб куцалда. Гьедин гьабизе тӏадкъараб чанго тӏагӏел хвезабун бачӏана. Станокалдасан биччалеб мехалда аскӏовги чӏун малъизе рес кколеб бугонигицин мадар букӏуна. Амма гӏемерисел тӏагӏалаби квералъ гьарула.\nМахӏачил фондалъул президент\nМахӏач Дахӏадаевасул цӏаралда бугеб культуриябгун тарихияб гӏуцӏи букӏана ансадерил. Дун кколаан гьелъул вице-президент. Бетӏеравлъун вукӏана мунагьал чураяв Гъайирбег Гӏабдурахӏманов (эколог). Гьев хун хадув гьеб гӏуцӏи сверана фондалде, дунги гьелъул президентлъун вищана.\nНижее бокьун буго Махӏач Дахӏадаевасул юбилеялде (2022 соналда 140 сон тӏубала гьев гьавуралдаса – авт.) гьесул цӏаралда медальги значкабиги риччазе. Граждан рагъул герой гуревги, унго-унголъунги ватӏаналда хадув ракӏунтарав чи вукӏана гьев. Имам Шамилилги, Гӏабдурахӏман Данияловасулги даражаялъул чи кколаан гьев.\nЗаман\nДида гьикъула хӏукуматалъул хӏалтӏуеги, творчествоялъеги, жамгӏияб хӏалтӏуеги, цогидалъеги заман киндила дуда батулеб. Жиб-жиб жоялъе гӏолеб куцалда гьебги бикьани, тӏаде босараб ишги цӏараб заманалда тӏубазабуни, заман гӏола.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "13206-10000-g-urshchitsa-urg-el-tiasa-bosarab-kuts", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13206-10000-g-urshchitsa-urg-el-tiasa-bosarab-kuts", "title": "10000 гъурщица ургъел тӏаса босараб куц", "date": "2021-08-05 11:56:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "1 сентябралде лъимал школалде хӏадуризе биччараб 10000 гъурущ кьезе байбихьана улкаялда. Гьеб гӏарац щвезе буго школалде унеб лъимер рикӏкӏун щибаб хъизамалъе. Байбихьуда бицен букӏана гьеб гӏарац августалъул бащалъи ун хадуб кьезе бугин, амма РФялъул президент Владимир Путиница лъазабуна гьеб тадбир гӏедегӏизабеян.\nГӏарац щвезе бигьалъула Госуслуги сайталда (www.gosuslugi.ru) хъвай-хъвагӏай бугев чиясе. Гьанжеялдего гьеб гӏарац щварал хъизамалги гӏезегӏан руго.\nЩибаб соналъ 1 сентябралде лъимер школалде къачӏалелъул, гӏемераб гӏарац харж гьабизе кколин гӏарз букӏунаан улбузул. Кӏиго, ялъуни лъабго лъимал хъизамалда ругел чагӏазул бищун дагьалдаса 30000 гъурущ унеб букӏана гьезие ретӏел-хьиталъухъниги, цӏалуе хӏажатаб къайи-цӏаялъухъниги кьун."}
{"slug": "13207-shagranukhde-nakh-ojgi-kuru-bikhkhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13207-shagranukhde-nakh-ojgi-kuru-bikhkhana", "title": "Шагьранухде нахъойги кьуру биххана", "date": "2021-08-05 12:16:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "3 августалда Гъуниб районалда «Гъуниб-Гъумеки» абулеб шагьранухде кьуруги ччукӏун, 70 метра- лъул манзилалда нух бацана. Машинадуй нухги гьечӏого хутӏун букӏана Чӏохъ, Сугъралъ росаби. Гьел ккола Гъуниб районалъул бищун гӏемер туристал рачӏунел росаби. Шагьранух бацӏцӏад гьабизе гьенибе экскаваторги автопогрузчикги щун буго. Хӏалтӏухъабазда ракӏалда буго 5 августалъул рогьалида машинаби хьвадулеб хӏалалда нух бацӏцӏад гьабизе. Нухде кьуру ччукӏун гӏадамасе щибниги зарал ккечӏо. Араб соналдаги гьединабго жо ккун, цӏи гьабун, къачӏан букӏараб шагьранух ккола гьеб."}
{"slug": "13208-vatian-tun-unezul-siyakhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13208-vatian-tun-unezul-siyakhi", "title": "Ватӏан тун унезул сияхӏ", "date": "2021-08-05 12:24:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нилъер республикаялъ чӏел босун буго бищун гӏемер гӏадамал къватӏире унеб регион хӏисабалда. Северияб Кавказалъул федералияб округалъул республикабазда гьоркьоб Дагъистан буго тӏоцебесеб бакӏалда. Улкаялъул регионазда гьоркьобин абуни — лъабабилеб бакӏалда. Гьеб ккола «Росстаталъ» хӏадур гьабураб рейтинг. Нилъедаса цере руго Саратов ва Омск областал.\n2021 соналъул щуго моцӏида жанив 17455 чи ун вуго нилъер республикаялдаса къватӏиве, тӏаде рачӏаразул къадарин абуни буго 14348 чи. Лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи ватӏанги тун бигьаяб гӏумруялда хадур ун руго."}
{"slug": "13209-rosdal-magiishatal-e-tekhnika-bosuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13209-rosdal-magiishatal-e-tekhnika-bosuleb-bugo", "title": "Росдал магӏишаталъе техника босулеб буго", "date": "2021-08-05 12:27:20", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул тӏалъиялда ракӏалда буго гьаб соналъул ахиралде хурухъабазегун ахихъабазе 800 миллион гъурщиде росдал магӏишаталъул техника босизе.\n600 миллион гъурщиде 402 техника босун букӏун буго араб соналдаги.\nРосагролизинг программаялда рекъон росдал магӏишат цебетӏея- лъе хӏалтӏи гьабулеб бугин бицана информалатазе ДРялъул росдал магӏишаталъул министразул тӏоцевесев заместитель Шарип Шариповас.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "13210-ikhkhitsa-bashchdab-rosdada-mikhir-bachana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13210-ikhkhitsa-bashchdab-rosdada-mikhir-bachana", "title": "Иххица бащдаб росдада «михир бачана»", "date": "2021-08-05 12:55:57", "categories": ["magiarukh"], "text": "29 июлалда кутакаб чвахунцӏадги бан, кӏудияб зарал ккана Чӏарада районалъул Арчиб администрациялде гъорлъе унеб Хилихъ росдае. Гьебги малъун, кинабниги анкьго росу буго арчисезул администрациялде гъорлъе унеб. Гьезда гьоркьоб, 62 цӏараки бугеб Хилихъ ккола бищун кӏудияб. Араб хамиз къоялъ гьезул 34-ялъе кӏудияб къварилъи ккана.\nАнлъго мина-рукъ тӏубанго биххизабуна. Анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун минаялъул рукъзабахъе лъим кӏанцӏун, жаниб бугеб къайи-цӏа хвезабун, хӏаталдаса араб зарал ккана гӏадамазе. Жанире руссине бакӏ гьечӏого хутӏарал гьел, гьанже гӏага-божараз жидерго гъоре рачун хӏебтӏун руго.\nБищунго цӏикӏкӏун зарал ккаразул цояв вуго Гӏабдула Пайзудиновги. Цевеккун кӏигониги болжалалъ Хилихъ росдал администрациялъул нухмалъулевлъун вукӏарав чиги ккола гьев.\nХӏарщулъ къан хутӏарал хьулал, иххица босун араб магӏишат\n«Тӏубанго мина-рукъги биххун, дунго гӏадин, хутӏана дир вацгӏалги. Гьабсагӏат гьев гӏага-божаразул дове вахъун вуго, дун якьадалъул дове вахъине ккана. Гьединго руго цогидалги. Амма жибго заралалъул бицани, валлагь кканаха. Нижер росдал тарихалда жаниб жеги гьединаб гьалагаб цӏадги бан, гӏадамазул рукъзал риххизарураб хӏужжа ккун букӏинчӏилан бицана херал чагӏазцин. Гьединаб ракӏалда гьечӏеб жо ккана араб хамиз къоялъ. Щиб гьабилеб, тӏабигӏияб балагьалда цебе хӏетӏе ккун нилъехъа бажарулеб гьечӏелъул.\n— Нужехъе щал рачӏарал къварилъи ккун хадуб? Республикаялъул тӏалъиялъ кумек гьабизе рагӏи кьечӏищ?\n— Рачӏана, валлагь. Тӏоцебесеб къоялъго Арчиб росдал администрациялъул бетӏер вачӏана, районалъул бетӏерасул нухмалъулесул заместитель Мухӏамад Гӏумаровасухъе дицаго ахӏун, гьев вачӏана нижехъе. Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏадулаевасул вакил хӏисабалда, Цӏуриб росдал администрациялъул нухмалъулей Муртазагӏалиева Муслиматги ячӏана. МЧСалъул вакилзабаз абуна жидехъа нужее кумек щоларин, щайин абуни, цӏадаца риххизарурал минабазул цонигиялъул «зеленка» гьечӏилан багьана бачана гьез.\nДир буго 1966 соналъго мунагьал чураяв инсуца кьураб участокалда бараб мина, доб мехалъ «зеленкадул» тӏалаб гьабулев чиги вукӏинчӏо. Исана гьеб документ гьабизе бокьунги вукӏана дун, амма гьелъие квербакъизехъин вукӏарав лъалев вас (гӏолохъанчи), машинаялъ аварияги гьабун, чӏвана. Чвахунцӏадал ралелде чанго къоялъ цебе гӏадин ккана гьеб ишги. Гьедин хутӏун букӏана «зеленка» гьабичӏого.\nГьале анлъабго къо буго росулъе машинадул нух гьечӏелдасаги. Росулъе вачӏунев чи вугони, гъоба ахада, щуго километралъ рикӏкӏадегӏан машинаги тун, лъелго вачӏине ккола. Къокъго абуни, ниж лъиениги хӏажат гьечӏилан абураб гӏадаб асар буго дирги цогидазулги рекӏелъ рещтӏун. Гьале анлъабго къо буго росулъе нух къотӏун бугелдаса, токги гьечӏо цо-цо минабахъ, амма гьавилан абун хӏукуматалъул рахъалдаса нижехъе вачӏарав чи ккечӏо», — ян бицана Гӏ. Пайзудиновас.\nКкараб заралалъул бицине лъугьани, сордоги къоги гӏеларилан вугоан Гӏабдула Пайзудинов. 1979 соналдаса нахъе хъизаналъги гьесги данде гьабураб магӏишат тӏири течӏого ана иххица. Цохӏого цо, къватӏисел улкабазде унелъул хӏажалъулеб паспорт гурони, тӏокӏаб документги кодобе щун гьечӏо. 500000 гъурущ гӏарацги рокъоб букӏараб къайи- цӏаги — кинабго ун буго гьесул босун. Гьединабго зарал ккун буго вацгӏаласеги. Ихх жанибе кӏанцӏун, хӏарщул цӏун ругел рукъзабахъе нухги щвечӏого, кӏиго къоялъ чияца кьураб ретӏелги ретӏун вукӏанин гьевин бицана Гӏабдулаца. Ахирги, тӏохде щула гьабураб квариде живгоги вухьун, рокъобе жанибе нух бахъизе кӏун буго Гӏ. Пайзудиновасул вацгӏаласда.\nБекараб ракӏ нахъойги чӏунтизабуна, цӏадги бан\n1992 соналъго рукъалъул бетӏергьанчиги хун, къороллъуда хутӏарай Рамазанова Гӏарцулалъулги кӏитӏалаяб мина биххизабуна гьалагаб чвахунцӏадалъ. Кӏиго лъимерги тӏубан, лъабабилей ясалъе ригьнаде унеб мехалъ кьезе данде гьабун букӏараб кинабго къайи- цӏаги гӏарац-меседги рас течӏого ун буго иххица. Гьелда кутакалда ракӏ гурхӏанин, бадиб магӏу ккун бицана нижее лъабабилеб августалда Хилихъ росулъе щвезе ун йикӏарай «Чӏарада» райгазеталъул редактор Аминат Мухӏамадовалъ.\n— Дидаго, битӏараб бицани, гьелда аскӏое инецин кӏвечӏо. Гъоркьгоги къороллъудаги йикӏун, захӏмат ба- ччун данде гьабураб магӏишаталдаса циндаго ятӏалъарай гьелда щиб рагӏи дица бицинебин абураб пикруялъ ккун чӏезаюна дун, — ан абуна Аминатица. Гьанже жиндирго херай эбелалъул дое яхъун йиго гъаримай гьей пулан.\nХасало боцӏи-панз хутӏила къварид\nМина рукъ биххизабичӏониги, хасалоде боцӏуе данде гьабун букӏараб рагӏи-хер иххица ун, зарал ккарал гӏадамалги дагьал гьечӏо Хилихъ росулъ. 45 азарго гъурщиде комбикормаги, гьединго 350 танг харилги кӏиго къоялъ цебе босун, гьороб гьебги сокӏкӏун вукӏарав цо гӏолохъанчиясул магӏишатги кинабго щущазабун буго тӏабигӏияб балагьалъ.\nХилихъ росулъ къварилъи ккарал гӏадамазе кумек гьабизе бокьарал гӏадамаз гӏарац рехизе бегьула гьебго росулъа, Хӏайдаров Мухӏамаднабил цӏаралда бугеб гьаб номералде: 8964-019-85-10.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "13217-gab-borkhal-iyalde-dun-khalk-al-vakhinavuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13217-gab-borkhal-iyalde-dun-khalk-al-vakhinavuna", "title": "«Гьаб борхалъиялде дун халкъалъ вахинавуна»", "date": "2021-08-06 07:06:37", "categories": ["gara"], "text": "Сайгидпаша Гӏумаханов гӏадал чагӏи загьирлъизе, хиса—басиязул заман тӏаде щвезе кколеб батула. Щайгурелъул парахатаб, гӏадатияб гӏумрудулъ гӏадамазулъ тӏатинчӏого хутӏизе бегьула гьединал гӏамалал. Гьединлъидал къеркьей гъорлъ гьечӏеб гӏумру гӏумрулъун рикӏкӏунеб гьечӏоан живго Сайгидпашацаги.\nГьесулгун гьабураб гьаб гара-чӏвариялда цебе Сайгидпаша Гӏумахановасул биография лъеялъулъ хӏажалъи бихьулеб гьечӏо. Щайгурелъул малъгӏанасеб Хасавюрт гьес дунялалда рагӏарараб «спорталъул Маккаялде» сверизабиги, хӏабургъарал 1990 абилел соназда гьес Дагъистан цӏунараб куцалъулги, гъоб заманалда республикаялъул политикаялъулъ гьесул букӏараб кӏваралъулги, цогидалъулги лъаларев чи къанагӏатги ватиларо цӏалдолезда гъорлъ. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ Сайгидпашаца бицунеб буго гьаб гара-чӏвариялда.\n— Сайгидпаша, лъимерлъуда кинал анищал дур рукӏарал? Политикаялда гъорлъищ мунго дудаго вихьулев вукӏарав?\n— Битӏараб бицани, дие цо кӏуди-кӏудиял анищал гьаризего бачӏунароан. Доб мехалда дида кколаан кинандай бетӏербахъи гьабила, кисандай гӏарац балагьилаян. Нижер хъизаналда букӏана 11 лъимер. Хадур кӏигоял хун, ичӏгоял хутӏана.\nНиж Хасавюрталде гочараб мехалда дун кӏиго сон барав чи вукӏана. Гьелде щвезегӏан нижер чӏей букӏана Бабаюрт районалда бугеб Хӏамзаюрт хъутаналда. Дунги гьенив гьавуна.\nКирпич гьабулеб заводалда аскӏоб букӏана нижер рукъ. Хасало гьениса тӏурччи-цӏул щун, мадар кколаан.\nХадуб дун жувана спорталде. Кӏудияв вац лъикӏав спортсмен вукӏун, гьес цӏана дун гьениве. Къокъабго заманалда жанир машгьурлъана ниж. Гьелдаса хадур нижеца байбихьана вацазул лъимал ругьун гьаризеги. Гьедин тӏубан хисана нижер гӏумру. Захӏматаб бакӏалда кибго кӏудияв вацас (Ахӏмад-паша – авт.) гьабулаан дие кумек. Дие гьев инсулги эбелалъулги бакӏалда чӏолаан. Гьанжеги батӏалъи гьечӏо, гьединго буго. Доб мехалда ниж, вацал, спорталдасан политикаялде ана. Амма кӏудияв вац гьабсагӏаталда тӏуван диналде вуссана. Батӏи-батӏиял бакӏазда 11-ниги мажгит бан батила гьес.\nАмма байбихьуда захӏматаб гӏумру букӏана шагьаралда. Эмен хъаравуллъун, эбел уборщицалъун хӏалтӏулаан. Гьезие кумек букӏинелъун гьабулареб жо толароан нижеца, лъималаз. Дица, масала, гьан бичулаан.\nДир эменги гьесул эмен Гӏумаханги гӏи-боцӏул чагӏи рукӏана. Инсуца гьан учузго босун, багьаго бичун магӏишат гьабулаан. Амма доб мехалда гьедин даран-базар гьабизеги толароанха. Спекулянталин абулаан гьединал чагӏазда.\nДир эбелалъул инсуда цӏар букӏана Лабазан. Лъималазда Къуръан малъулеб бугилан чияца мацӏги гьабун, 1944 соналда чачаназда цадахъ Красноярскиялде, Сибиралде, витӏана гьев. Гьениса тӏадвуссун вачӏиндал, 30 соналъ Буртунаялда дибирлъи гьабуна кӏудияв инсуца.\nДир эбелалъул чагӏи руго Гуржиялъулгун гӏорхъода бугеб чачаназул Чӏитӏ росулъа кидаялиго гочарал гӏадамал. Гьединлъидал чачан мацӏги лъала дида.\nИнсул тухум буго Хунзахъ районалдаса бачӏараб. Калмыкалъа гӏадамаз зама-заманалдасан чабхъенал гьарун жал толел гьечӏилан лъарагӏазул шамхалаз кумек гьаридал, хас гьабун гьезда данде чӏезе Хунзахъа битӏараб тухум букӏун буго нижер. Гьезул цоял хадур Буртунаялда, цогидал Аргъвани чӏанин бицуна.\n— Гьединал гӏадатиял эбел-инсуца тӏоцебе кин къабул гьабураб спорталдехун нужер букӏараб цӏайи?\n— Байбихьуда гьез абулаан жидее щибизе къваригӏарал жалила нужер гьал тренировкабиги гугариги. Дагьабниги эркенаб заманалъ нижеда хӏалтӏи малъизе бокьун рукӏинароанищха гьелги. Дагь-дагьккун гьезда бичӏчӏана гьелъул магӏна. Эбел-инсуе щолелдаса цӏикӏкӏун гӏарац дие спорталдаса щолаан.\nХадуб, спорт сабаблъун, лъугьана ниж политикаялда гъорлъеги, бихьана гӏумруги. Тренерлъун хӏалтӏулеб мехалдагицин дица къимат гьабулаан гӏарцул. Рекӏадухъ щуго капек кьезе ккеларедухъ, рогьалил какги бан, веке-векерун унаан дун шагьаралъул цояб рахъалда бугеб залалде. Захӏматаб заман букӏана.\n— Цо рахъалъ, лъикӏги ккун буго гьединаб гӏумру дуда бихьи. Мун гӏезегӏан лъадаризавун ватула гьелъ.\n— Жакъа къоялъгицин кумек буго дие гьелъул. Дица гӏемер хӏисаб гьабула гьитӏинаб мехалда нижер букӏараб яшавалъулги, дандчӏварал къварилъабазулги, гьеб киналдаго тӏасан вахине кӏвараб куцалъулги.\n— 1990 соназул байбихьуда мун машгьурав политиклъун вахъиндал, дуда сверухъ гӏезегӏан ахӏи-хӏур букӏунаан. Гьелда бан рахӏатхвей букӏунароанищ эбел-инсул?\n— Дун Хасавюрталъул мэрлъун вугеб мех букӏана доб. Цо-цо гӏадамаз миллатчилъиялъул суалги багъаризабун, дагьабго хӏалуцин лъугьун букӏана администрациялда цебе. Гьеб мехалда рухъурхъун дорехун-анирехун гӏадамалгун, ццимги бахъун вачӏунев эмен вихьана дида. «Ле, дир вас! Нилъер тухумалда хӏакимзаби рукӏинчӏо. Дир эменги гӏиял вехь вукӏана. Нахъе а гьениса, дуе къваригӏараб жо гуро гьеб хъулухъ!» — илан диде ахӏдезе жувана эмен.\nАмма дагь-дагьккун гьесдаги эбелалдаги бихьана халкъалъ дир рахъ кколеб букӏин. Гьеб мехалда гӏодориччана гьел.\nГьеб дуца бицен гьабулел соназда кутакалда дие хӏал кьуна мугӏрузул районазда гӏумру гьабулел гӏадамаз – магӏарулазго гӏадин, цогидал миллатазги.\n— Цо-цо чагӏаз абула мун миллатчи вугилан. Дуцаго рикӏкӏунищ гьедин?\n— Дирго миллат бокьулеб букӏинчӏебани, дун сундулъниги цеветӏелароан. Гьединго, дирго миллат бокьулеб букӏиналъ дие цогидал миллаталги рокьула. Дир гӏемер гьудулзаби руго даргиязда, лъарагӏазда, тумазда, чачаназда ва цогидазда гъорлъ. Жиндирго миллат бокьулел чагӏи киданиги рикӏкӏине бегьуларо миллатчагӏилъун. Хӏисаб гьабеха дуцаго гьадинаб жоялъул: дие дирго ватӏан — улкаги республикаги бокьулеб бугони, дун миллатчийищ кколев? Кколаро. Патриот ккола. Магӏарулал рокьунилан дие тамихӏищ гьабизе кколеб? Рокьулаха дие гьел – Дагъистаналде къо ккараб мехалда рагъизе рахъунел рукӏиналъухъги (тарихалда жаниб гьедин букӏана кидаго), спорталъул бищун захӏматал тайпабазулъ чемпионлъи магӏарулаз босулеб букӏиналъухъги, цогидалъухъги.\n— Миллатчилъиялъул бицунел ругелъул, ракӏалде щвана Хӏамид Хӏамидовасул цӏаралда дуца Хасавюрталда рагьараб Спорталъул Кӏалгӏа…\n— Дол соназда пачалихъалъ спортшколазе гьабулеб кумек цӏакъго мукъсанаб букӏунаан. Гӏиси-бикъинал турниразде спортсменал рачунаан дицаго гӏарацги хвезабун (бицуна турниразде гьел рачине Сайгидпашаца цо нухалда жиндирго машинагицин бичун бугилан – авт.).\nГьединлъидал чӏахӏи-чӏахӏиял къецазде къватӏире рахъине нижее кумек кидаго Хӏамид Хӏамидовас гьабулаан. Расги барахщи гьечӏев чи вукӏана гьев. Долдаса нахъе нижер гьеб спорткомплексалда (Олимпиялъул резервалъул спортивияб школа – авт.) жанир рахъанщинал Олимпиялъул хӏаязул чемпионазул бицун хӏалкӏоларо. Гьанже гьеб дунялалдаго машгьурлъана. Гьенир ругьун гьаризе рачӏунел дунялалдасаго гугарухъабазул сияхӏги кӏудияб буго. Гьелъулъ кӏудияб бутӏа Хӏамидовасулги буго.\nДиеги кӏудияб баракат бахана гьесдаса. Доб мехалда республикаялда Сбербанкалъе нухмалъи гьабулаан Хӏамидовас. Гьедин ккарав чи вукӏана дунги Хасавюрталда бугеб гьеб банкалъул филиалалъул нухмалъиялде. Диде щвезегӏан гьеб хъулухъалда вукӏана ригь арав чи. Зама-заманалдасан рачӏун, яргъид гӏуцӏарал гӏадамаз хӏинкъизавулев вукӏун вуго гьев, тӏад магъалоги лъун. Дида Хӏамидица абуна мун вугила гьезда кӏалъазе кӏолев чи, дуда сверун къуватал спортсменалги ругила, гьединлъидал дуца тӏаде босейила Сбербанкалъул управляющиясул хӏалтӏи.\nКутакалда магӏарулалги рокьулаан гьесие.\n— Хӏабургъарал гьадалго 1990-абилел соназда ва 2000-абилел соназул байбихьуда мун рикӏкӏунаан республикаялъул тӏалъиялда данде чӏарав политиклъун… ?\n— Доб мехалда гьедин чӏечӏого чара букӏинчӏо. Щайин абуни, цо чиясе къваригӏараб куцалда рекъезарулел рукӏана республикаялда законал. Гьелъул мурадги кколаан гьев чи халатккун тӏалъиялда хутӏи. Бокьа-бокьараб гьабулеб букӏана. Кинабгӏаги тамихӏги гьабичӏого, ахӏуд риччан хӏакимзабиги рукӏана. Гьеб мехалда ракӏалде ккана гьеб хӏапу-чапуралда дандечӏезе. Гьеб къеркьеялъулъ ниж бергьана. Нижеца гьел чагӏи тӏамуна конституциялда данде кколарел жалаздаса (масала, Пачалихъияб Советалдаса) инкар гьабизе. Гьелъухъ нижеда лъун рукӏана бугьтаналги батӏи-батӏиял цӏаралги. Гьелъул цояб ккола «Северный альянс», «Король севера». Жеги-жеги абула дида цо-цояз «северный» ян.\nСайгидпашаца хӏажат гьечӏел жал гьарулел ругин, гьесие гӏадлу гьабизе ккелилан абураб цо кагътида гъоркь гъулбасал ракӏаризе тӏамулев вукӏун вуго тӏалъиялъ Расул Хӏамзатов. Хадуб гьеб кагъат ДРялъул Хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул советалъул данделъиялда гьоркьоб лъезехъин букӏун буго.\nБихьея цо, щиб гьениб хъван бугебали ян, балагьун вуго Расул Хӏамзатов. Цинги, гьебги цӏалун, «воре-воре, гӏолохъаби, дица дуэталда чӏун кечӏ ахӏуларо, солоялдалъун гурониян», гьес нахъе рехун бачӏун буго гьеб кагъат.\nАмма гьес лъечӏониги щибха, кӏуди-кӏудиял хъулухъазда рукӏарал нилъер машгьурал миллатцояз, ракьцояз лъун руго гьенир жидерго гъулбасал, доб цебехун рехсараб советалъул данделъиялда дида тӏасан кӏалъанги руго. Дица рикӏкӏуна, жакъа къоялъул хӏисаб гьабун абуни, гьелги къунилан.\n— Мун бергьиналъе кумек сунца гьабураб?\n— Гӏадамал дир рахъалда чӏеялъ. Кутакалда кумек гьабуна журналистазги. Масала, «Черновикалъ». Дица гӏуцӏараб газета ккола гьеб. Гьеб мехалда дида цадахъ Сулайман Уладиевги вукӏана. Хӏажимурад Камаловги вачӏун, газета гӏуцӏизе рачӏаян гьарана Уладиевас дида. Гьединго Бисавгӏалиевас биччалеб «Миллат» газеталъги гӏезегӏан къвал къана дие.\n— Доб мехалда дуда данде чӏун рукӏарал чагӏи гьанже мунгун кин рукӏунел?\n— Гьел руго бадибе туни, бацӏцӏун хӏацӏугун, церехун унел чагӏи. Жидеего щолеб капкилги тахбакӏалъулги гурони ургъел гьечӏел гӏадамал. Миллатги букӏунаро гьединал чагӏазул.\n— Амма гӏажаибаб жоги гьечӏищха республикаялъул тӏалъиялде щив вачӏаниги, мун хисичӏого, цого хӏисабалда чӏолев вукӏин.\n— Дица нухмалъулел киданиги реццичӏо. Бищунго дун аскӏове гӏагарлъарав чи вукӏана Мухӏу Гӏалиев. Цохӏо команда букӏана нижер.\nТахбакӏ къваригӏун лъиданиги гьардезе ккечӏо дун, лъиениги хӏелизеги лъугьинчӏо. Ккараб бакӏалда бадибе рагӏиги абула. Мэрлъун вугеб мехалдаги дирго рагӏи билълъинабулаан дица. Дуда ракӏалда батила 1998 соналда Масхадовасулгун ракълилал къотӏи-къаял гьаризе вачӏунев Мухӏамадгӏали Мухӏамадов нижеца Хасавюрталде виччачӏолъи. Гьадингоги нилъер гӏадамал рикъун, хадур гӏарац кьурал риччан, кьечӏел – чӏван, балагь бачӏинабулел гьел хъачагъазда ццимги бахъун рукӏана доб мехалда ниж. Гьединал чагӏазулгун кинал къотӏи-къаял гьарулел? Тӏадежоялъе тӏубараб Хасавюрт шагьаралъул мэрги сан гьавичӏого, районалъул бетӏерасулгун гьеб суалги дандбан чӏун ратана республикаялъул нухмалъулелги. Гьеле гьеб хӏужаялдаса хадур абурал рагӏаби руго Владимир Путиница гъол: цебе жинца адаб гьабулаанила дагъистаниязул, гьанже жиндие гьел ракӏ-ракӏалъ рокьулила.\nГьабсагӏаталда вугеб борхалъиялде магӏарулаз вахинавуна дун. Тренерлъун хӏалтӏизе байбихьаралдаса гьаб жакъа Пачалихъияб Думаялде кандидатура лъезегӏанги гьел рукӏана ва руго дида аскӏор.\nТренерлъиялдаса депутатлъиялде, цинги Хасавюрталда Сбербанкалъул управляющийлъун ана дун. Гьенисанги магӏарулаз кумекги гьабун, шагьаралъул депутат хӏисабалда кандидатура лъурав дун мэрлъун вищана.\n— Хас гьабун мун щайдай гьез тӏаса вищарав?\n— Гьеб гъозда гьикъизе ккелаха (велъулаго). Гьитӏинаб мехалда цониги дир гьудул цогидав васгун вагъизе, къацандизе ккани, гьесул рахъги ккун, кидаго цеве унаан дун. Вацасго гьабулеб жоялда ругьунлъун, цевехъанлъи гьабулаан. Хадубги лъикьаниги хӏинкъун, миллаталъул рахъкквезе кколеб бакӏалда рахъкквечӏого течӏо. Нижер эменги гьевго чи вукӏун вуго – росулъ, хъутаналда, шагьаралда: гӏадамазе къваригӏарал суалал рорхулевги, маслихӏатал гьарулевги, кивго цевехъанлъи гьабулев вукӏунаан.\nЛъабго нухалда хӏежалдеги арав, Къуръанги цӏаларав чи вуго дун, гьереси бицунеб гьечӏо — гьале гьаб ригьалде вахинегӏан гӏарцухъ жо кидаго гьабичӏо дица: бичун хъулухъ яги депутатлъи босичӏо. Ришват кьун гурони щолеб батичӏони, къваригӏун гьечӏо дие гьел. Гьелъ батилаха магӏарулазги дида цӏар чӏвараб.\nГьедин 1988-1989 соназдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вуго дун.\n— Гьанже мун Пачалихъияб Думаялде унев вугелъул, цо-цо чагӏазда кколеб буго тӏалъиялъе мун ургъунго республикаялдаса рикӏкӏад чӏезавизе къваригӏун бугилан.\n— Рикӏкӏад чӏезавизе къваригӏарабани, гьез дун гьанивго чӏезавилаан, Думаялде витӏичӏого. Гьелъул гӏаксалда, чанги хӏужжаби руго Думаялъул депутаталлъун рукӏарал чагӏи регионазул нухмалъулеллъун тӏамуралги.\nПачалихъияб Дума сабаблъун гӏезегӏан ресал щола республикаялъе пайдаял бухьенал гьаризеги, нилъер масъалабазул хӏакъалъулъ президентасда рагӏизабизеги.\n— Сайгидпаша, дур даражаялъул чагӏаз жидерго лъимал цӏалун рахъун хадур Европаялде, Америкаялде ритӏула яги Москвагун Санкт-Петербургалда чӏезарула. Дур лъималазул къасдал кинал ругел?\n— Дицаги хӏаракат бахъана гьел Россиялда цӏализаризе. Амма гьезие гьанире тӏадруссине бокьун буго. Гьезул лъабгояв вуго МГИМОялда цӏалулев (цо вас магистр ккола, цогидав вуго ункъабилеб курсалда, лъабабилев — тӏоцебесеб курсалда). Магистратураялда цӏалулев вугев вас (Хӏажимурад – авт.) ккола «Единая Россиялъул» Хасавюрталда бугеб отделениялъул цевехъан. Гьесие бокьула жамгӏиял ишазда гъорлъ вукӏине. Гьединго цогидал лъималазулги руго Дагъистаналда хурхун жидерго планал. Дир цӏаралдаса пайда босун щибниги гьабулев васги дир цониги гьечӏо. Жалго жидеего гӏун рукӏуна гьел.\n— Гьединаб бечедаб биографиялда гьоркьоса кинаб заман дуе бищунго бокьулеб?\n— Тренерлъун хӏалтӏулеб мех. Кутакалда ракӏгъураб, парахатаб замана букӏана гьеб – 1986-1991 сонал. Спортсменалгун цадахъ дунял сверулаан дица. Цоялда хадур цоял бергьенлъабиги щолаан. 1991 соналдаго щун букӏана дие Россиялъул мустахӏикъав тренер абураб цӏар.\nГьелдаса хадуб байбихьана захӏматаб заман. Дагъистаналъулгун Чачан Республикаялъул гӏорхъода хӏалуцин лъугьана.\n— Ахӏмад-хӏажи Къадировасулгун дур гьудуллъи букӏана гурищ?\n— Букӏана. Цӏакъ лъикӏав чи вукӏана гьев. Нилъедехун гьудуллъиялъул бербалагьиги букӏана гьесул. Щайгурелъул Турциялда исламияб гӏелму лъазабулелъул гьесул чӏей дагъистаниязул доба букӏун буго. Хасавюрталде щвани, дихъе ваккичӏогоги чӏолароан гьев. ЧРялъул бетӏер вищулеб мехалда Ахӏмад-хӏажие квербакъи нижеца Хасавюрталдасанги гьабун букӏана.\n1999 соналда Чачаналъан нилъехъе халкъазда гьоркьосел террористал рачӏунилан чачаназда ракӏхвей букӏана нилъеразул. Гьебги хӏисабалде босун, дица Хасавюрталъул стадионалда мавлидги гьабун, гьенире ракӏарун рукӏана Ахӏмад-хӏажи Къадировги, Чачаналъа муфтиги гӏалимзабиги. Гьединго Сагӏид-афандиги Тажудин-устарги рукӏана гьенир.\nГьениб дица Ахӏмад-хӏажида абуна гьабсагӏаталда дур рес бугин дагъистаниязда тӏаса лъугьаян абизе. Гьеб мехалда Ахӏмад-хӏажи цевевахъана кутакалда асар гьабулеб кӏалъайгун.\n— Гӏорхъода лъугьараб хӏалуцин рукӏалиде бачӏинабизе кӏолев чиян тун вукӏун ватила Мухӏамадгӏалицаги мун тӏаса квер босун, гьесие мутӏигӏлъулев вукӏинчӏониги.\n— Мухӏамадгӏалидехун дир бербалагьи хисана 1998 соналда. ДРялъул нухмалъиялъул мина кодобе босун букӏана яргъид гӏуцӏарал гӏадамаз. Гьеб мехалда Мухӏамадгӏалида абулеб букӏана заманаялъ Дербенталда гьабизе бугин тӏалъиялъул штаб. Жив жиндирго хӏалтӏулеб бакӏалде ине кколилан, тӏирун чӏана гьев.\nГьеб мехалда аслияб майданалдасан Хъахӏаб Рокъове вачӏунев Мухӏамадгӏали цӏунизе кӏиябго рахъалъан коридор гьабун нижерго гӏолохъаби чӏезаруна дица. Бокьарав чияс бокьараб провокация гьабизе рес букӏана гьениб. Жибго Хъахӏаб Рокъоб бекичӏеб, гъуричӏеб жо тун букӏинчӏо яргъид гӏуцӏарал гӏадамаз. Сейфалги тӏезарун, хӏакимзабаз гьениб бахчанщинаб ярагъги гӏарацги тӏири течӏого босун ун батана гьез.\nГьедин майдан къотӏунги ун, кабинеталде щварав Мухӏамадгӏалица расги хӏалги хисичӏого абуна: «Гьанже гьарила, гӏолохъаби, нилъеца кӏалъа-басаял».\nГьеб бакӏалда хисана Мухӏамадгӏалидехун дир бербалагьи. Гьабсагӏаталдаги кутакалда щулияб гьудуллъи буго нижер. Кин букӏаниги, гӏакъилав чи вуго гьев. Захӏматаб заманалда республикаялъул бетӏерлъуда вукӏарав чиги вуго. Нусго батӏияб миллияб багъа-бачариги, азарго батӏиял политикиял къуваталги цоцалъ къацандулел, гьез цоцазулгун тушманлъи гьабулеб заманалда щивасе рекъараб политика билълъанхъизабулаан гьес. Гьелдалъун республикаги цӏунана кӏудияб балагьалдаса.\nГьединго дие кутакалда асар гьабула Гӏабдурахӏман Данияловасги. Гьесдаса хадуб нилъер миллат чӏухӏулел нухмалъулезул бицани, гьел ккола Шагьрудин Шамхаловги Мухӏу Гӏалиевги.\nРеспубликаялъе кутакалда гӏемер пайдаял ишал гьаруна Шагьрудин Шамхаловас. Хасавюрталда дица тӏоритӏулел тадбиразул киназдего вачӏунаан гьев. Хасго эркенаб гугариялъул рахъалъ тӏоритӏулел рукӏарал халкъазда гьоркьосел турнирал гьоркьор риччалароан. Жибго гугариги нилъер гьаниб Шагьрудин сабаблъунлъидалха цебетӏураб.\n— Эбел-инсул кинаб гӏамал дуе ирсалъе щвараб?\n— Эбелалъухъа дие щвана ислам-диналде рокьи, инсудаса – цевехъанлъи гьаби.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ."}
{"slug": "13285-70-protsental-gabuna-vaktsina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13285-70-protsental-gabuna-vaktsina", "title": "70 проценталъ гьабуна вакцина", "date": "2021-08-12 10:29:45", "categories": ["vakcina"], "text": "Цӏикӏкӏунеб буго коронавирусалъ унтарал гӏадамазул къадар. Гьелда бан цо чанго регионалъ, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъги, хӏукму гьабуна хӏалтӏухъабазул 60-ниги проценталъе чара гьечӏого вакцина гьабизе. Гьал къоязда ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабазги вакцина гьабуна. Коронавирусалде данде кӏиябго вакцина гьабуразул къадар бахана 71 проценталде, кӏиго чиясе тохтурзабаз ихтияр кьечӏо гьелъие.\nВакцина гьабилалде тохтурзабаз бицана гьелъул хӏакъалъулъ ва гьаби- зе бегьунгутӏиялъе ругел гӏиллабазул хӏакъалъулъ. Прививка гьабурал хӏалтӏухъабазда гьоркьоб хадубккун тӏобитӏана цӏех-рехги. 50 проценталъ бицана, жидер чорхол хӏалго хисичӏин абун ва лъабгояс абуна цо чанго къоялъ цӏакан бахун букӏанин абун. «Коронавирусалъ тӏубанго хи- сизабуна нилъер дунял. Дир эбел къадаралде щвана COVID-19 сабаблъун ва лъагӏелгун бащдабгӏан заманалъ дир рекӏелъ букӏана гӏагарал чагӏи унтизе гурин абураб хӏинкъи. Гьединабго хӏинкъигун гӏумру гьабулеб батила нилъер кӏудияб гӏелалъги. Дие бокьун гьечӏо, дун сабаблъун, цогидав чи хвезе. Вакцина гьабиялъ нилъее рес кьола цӏуна-къан рукӏине, хвалдаса рорчӏизе. Гьеб ресалдаса пайда босана дица ва дир чорхол хӏалалъул хиса-басиго гьечӏо», — ян бицана министрасул кумекчӏужу Гулнара Гӏабдусаламовалъ.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "13286-rakal-rekhun-toge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13286-rakal-rekhun-toge", "title": "Ракьал рехун тоге!", "date": "2021-08-12 10:32:35", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул мелиоративияб комплекс цебетӏезабиялъул ва росдал магӏишаталъе хӏажатал ракьал хӏалтӏизариялъе пайдаял къагӏидаби ратиялъул мурадалда къабул гьабураб пачалихъияб программаялда гӏахьаллъулеб буго Дагъистанги. Гьелда бан гьаризе тӏадал тадбиразул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул премьер-министр Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас тӏобитӏараб данделъиялда.\nДагъистаналъе кӏудияб кӏвар бугеб проект букӏиналъулги бицун, Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас муниципалитетазул бутӏрузда тӏадкъана гьелда гӏахьаллъизе жигаралда документал хӏадуреян абун. Гьесул пикруялда рекъон, проекталъ рес кьела росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезариялъе бюджеталъул кумек щвеялъе. «Соналдаса соналде камуларо лъедалъун хьезариялъул рахъалъ захӏмалъаби. Хасго цӏикӏкӏуна гьел рекьарулеб яги бачӏин бакӏарулеб заманалда. Гьебмехалда гӏадамазул рукъзабахъе бачараб лъел цӏикӏкӏарасеб бутӏа уна хурзал лъалъазе. Гьелъги нугӏлъи гьабула мелиорациялда масъалаби рукӏиналъе. Гьединлъидал, хӏажат буго цӏияб пачалихъияб программаялдаса пайдаги босун, росдал магӏишаталъе хӏажатал ракьал цӏикӏкӏун хӏалтӏизаризе, гьелъул кьучӏалда АПК цебетӏезабизе ва мелиоративияб комплекс цӏи гьабизе», — ян бицана премьер-министрас.\nРоссиялда пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабулаго, ракӏалда буго 10 соналда жаниб росдал магӏишаталъул ракьул 13 млн гектар хӏалтӏизабизе. ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицанихъе, ракӏалда буго рехун тарал рекьизе пайдаял ва гьарзаяб бачӏин кьеялъе квербакъулел республикаялъул ракьалги хӏалтӏизаризе. «Гьеб- го заманалда хутӏулел руго жеги хӏалтӏизабичӏеб ракьул 65 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар, гьезда гьоркьоб 38500 гектар – бищунго къиматаб ракьул. Ракьул бетӏергьабазухъа гьеб хӏалтӏизабизе бажарулеб гьечӏони яги бокьун батичӏони, хӏажат буго гьелде рекъон кколел хӏукмаби гьаризе. Бе- гьизего нилъер беэнал ракьазда минаби разе яги рощнол гохӏал эхетизе», — ян абуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас.\nПачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабулаго, Дагъистаналъул рекьулел ракьазул 10 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар хӏалтӏизабизе буго лъабго соналда жаниб (2022- 2024 с.с.) ва жеги 7600 гектар – 2025- 2026 соназда. Гьелъул мурадалда къваригӏун буго муниципалиял гӏуцӏабазул жигараб гӏахьаллъи.\nДРялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "13287-g-unib-tsiiyab-sanatorij", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13287-g-unib-tsiiyab-sanatorij", "title": "Гъуниб — цӏияб санаторий", "date": "2021-08-12 10:36:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, Гъуниб районалде сапар гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Мурад Казиевас.\nСергей Меликов 22 июлалда щун вукӏана «Гъуниб» Республикаялъулаб лъималазул санаториялде. ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралес тӏадкъан букӏана санаториялда бугеб ахӏвал-хӏал камил гьабиялъе хӏажатал тадбиразул хӏакъалъулъ пикраби хӏадуреян абун.\nСанаторий хӏалтӏулеб буго 1980 соналдаса нахъе ва гьениб хӏухьбахъиялда цадахъго щула гьабула лъабго соналдаса 15 сон базегӏан лъималазул сахлъи. Аслияб къагӏидаялда гьенир рукӏуна гьуърузул унтаби ругел лъимал. Щибаб соналъ гьенибе бачӏуна 1200-ялдаса цӏикӏкӏун лъимер.\nСанаториялъул нухмалъиялъ абуна, регионалда ругел унтарал лъималазул хӏисаб гьабидал, гьабсагӏаталда санаториялда ру- гел бакӏал цӏакъго дагь ругин абун. Цӏияб мина бани, рес щвезе буго Россиялъул регионаздаса лъимал къабул гьаризегиян бицана гьениб.\nСапаралъул хӏасилалда пикру ккана санаториялъе цӏияб мина баялъе хӏажатал проекталъулгун сметаялъул документалги хӏадурун, 2023 соналда гьеб базе байбихьизе. Мурад Казиев щвана районалъул цогидал социалиял объектаздеги."}
{"slug": "13291-tsiiyab-tsialul-sonalde-12-tsiiyab-shkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13291-tsiiyab-tsialul-sonalde-12-tsiiyab-shkola", "title": "«Цӏияб цӏалул соналде – 12 цӏияб школа", "date": "2021-08-12 10:52:56", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас тӏобитӏараб данделъиялда бицана «Демография» ва «Лъай кьей» абурал миллиял проектазда рекъон, республикаялда ран ругел бакӏазе лицензия кьеялъул хӏакъалъулъ.\nГӏ. Гӏамирхановас бицана, РФялъул хӏукуматалъул бихьи- забиялда рекъон, 2021 соналъул тӏоцебесеб сентябралде республикаялда хӏалтӏизе байбихьизе ккола рехсарал миллиял проектал гӏумруялде рахъинарулаго бараб 12 объектин абун. Гьезда гьоркьоб буго: лъабго лъималазул ах (Махӏачхъалаялда), кӏиго школа (Хасавюрт районалда), лъималазул цо-цо ах (Хасавюрт, Дербент ва Гъизилюрт шагьаразда, Мухӏарамкент, Хъумторхъала, Казбек ва Дербент районазда).\nАмма, премьер-министрасул пикруялда рекъон, цо-цо бакӏал ран рахъиналъул рахъалъ щаклъи буго – гьединал баянал кьолел руго ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ. Гьелъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас бицана, киналго бакӏал ран рахъун ругин абун. «Амма лъимал къабул гьарилалде цере лъай кьеялъул идарабазул объектазул цӏарал хъвазе ккола пачалихъияб мулкалъул реестралда, гьезул рукӏине ккола хӏалтӏизе ихтияр кьолел документал ва гьел рачине ккола муниципалитеталъул мулкалда гъорлъе. Гьелдаса хадуб тӏобитӏула лицензия кьеялъул мурадалда гӏуцӏулеб тадбир», — ан бицана министрасул ишал тӏуралес.\nХӏалтӏизе байбихьиялъул рахъалъ «хӏинкъи» бугел объектаз- да гьоркьор данделъиялда рехсана Махӏачхъалаялъул Ак-Гёл микрорайоналда бугеб 250 лъимадуеги, Хъумторхъала районалъул Учкент росулъ 100 лъимадуеги рарал лъималазул ахал. Заманалда гьелги рагьиялъе тадбирал гьареян лъазабуна премьерас."}
{"slug": "13370-pagmuyal-l-imalaze-tsiiyab-tsentr", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13370-pagmuyal-l-imalaze-tsiiyab-tsentr", "title": "Пагьмуял лъималазе – цӏияб центр", "date": "2021-08-20 07:33:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов щвана «Солнечный берег» абураб сахлъи цӏуниялъул лагералде. Гьес хал гьабуна лъималазул сахлъи щула гьабиялъе лагералда гӏуцӏун ругел шартӏазулги ва дандчӏвана гьенир хӏухьбахъулел цӏалдохъабигун.\nСергей Меликовасда цадахъ рукӏана «Цогояб Россиялъул» регионалияб отделениялъул секретарасул заместитель Елена Ельниковаги, ДРялъул вице-премьер Мурад Казиевги, ДРялъул лъай\nкьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевги, Россиялъул Бахӏарчи Мухӏамад Нурбахӏандовасул эмен, Сергохъала росдал №2 школалъул директор Нурбахӏанд Нурбахӏандовги.\nЛагералда хӏухьбахъулел лъималазда цеве кӏалъалаго, Меликовас абуна: «Ниж рачӏун руго, нужеца кин хӏухьбахъи гьабулеб бугебали, кинал шартӏал нужее гӏуцӏун ругелали хал гьабизе», – ян. Бицана гьес лагералда гьаризехъин ругел хиса-басиязул хӏакъалъулъги.\nЛъималаз Меликовасда абуна спорталъе санагӏатал бакӏал дагьал ругин абун. «Дагъистаналъе хӏажат руго цӏиял спорталъул майданал.\nГьел рукӏине ккола чӏахӏиял шагьараздаги районаздаги. Гьел разе хӏаракат гьабулеб буго нижеца. Гьеб рахъалъ республикаялъе квербакъулеб буго федералияб централъги»,–ян жаваб кьуна гьес.\nЛъималазулгун ва педагогазулгун накъит гьабун хадуб, С. Меликовас хал гьабуна лагералъул. Гьес Лъай кьеялъул министерствоялда тӏад къана лагерь жеги гӏатӏид гьабиялъеги лъикӏал шартӏал гӏуцӏиялъеги ресал ратеян абун.\n«Солнечный берег» абураб лагералда базехъин буго, Сочиялда бугеб «Сириус» абураб лъай кьеялъул центрго гӏадинаб, ДРялъул пагьмуял лъимал тӏатинарулеб ва гьезие квербакъулеб гьанже заманалъул центр. Яхӏя Бучаевас абуна, Пагьмуял лъималазул центр базе байбихьизе бугин 2022 соналда. Гьеб хьезабизе буго лъай кьеялъул миллиял проектазе рекъонкколеб къайи-алаталдалъун.\n«Центр букӏине буго пагьмуял лъималазе кумек гьабиялъул регионалияб бутӏалъун. Гьениб гӏуцӏизе буго гьанже заманалъул микьго лаборатория», — ян бицана министрасул ишал тӏуралес.\nДРялъул Лъай кьеялъул\nминистерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "13371-k-abul-gavize-vugo-300-azargoyaldasagi-tsiikikiun-chi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13371-k-abul-gavize-vugo-300-azargoyaldasagi-tsiikikiun-chi", "title": "Къабул гьавизе вуго 300 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи", "date": "2021-08-20 07:54:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул аэропорталда рагьана халкъазда гьоркьосеб терминал. Гьелъул кумекалдальун аэропорталъ лъагӏалида жанив къабул\nгьавизе вуго 300 азарго чи. Гьеб ккола цебеялда данде ккун лъабго нухалъ цӏикӏкӏун.\nТерминал рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов, РФялъул транспорталъул министрасул заместитель Игорь Чалик, Дагъистаналъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаров ва цогидал.\n«Цӏияб терминалалъ рес кьезе буго лъикӏаб даражаялда гьалбал къабул гьаризе, аэропорталда хӏалуцин лъугӏизабизе. Гьеб цебе букӏаралдаса анцӏго нухалъ гӏатӏидаб бугелъул»,-\nан абуна Сергей Меликовас.\nДагъистаналъул бетӏерасул пресс-хъулухъалъ нухмалъулев Низами\nХӏажибалаевас бицана терминалалъул гӏатӏилъи 11 азарго квадратияб метр бугилан. Гьелъул кумекалдалъун сагӏаталда жаниб аэропорталда къабул гьавун бажарулин 190 чи.\nГьединаб техникияб рахъалъ лъикӏал шартӏал ва телетрапал ругеб терминал Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьечӏиланги тӏаде жубана гьес.\nМахӏачхъалаялъул аэропорталда цӏияб терминал базе ва гьанже заманаялъул тӏагӏел-алаталдалъун хьезабизе инвестораз харж гьабуна миллиардгун 600 миллион гъурущ."}
{"slug": "13373-kh-akhiilab-tsiatari-mesed-gurel-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13373-kh-akhiilab-tsiatari-mesed-gurel-ul", "title": "Хъахӏилаб цӏатари месед гурелъул", "date": "2021-08-20 08:02:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахираб заманалда Дагъистаналъул водительзабазул рахӏат хвезабун буго газ хиралъулеб букӏиналъ.\nМахӏачхъалаялъул заправкабазда гьелъул багьа бахун буго 37 гъурщиде. Цӏех-рех гьабураб заманалда баянлъана улкаялъул цогидал регионаздаги газалда сверухъ ахӏвал-хӏал нилъер гьанибго гӏадаб букӏин.\nАмма цогидал бакӏазда Дагъистаналда гӏадин гӏемер гьечӏо газалда хӏалтӏулел машинаби. Гьелъги батила, республикаялъул водительзабазда гьеб суал цӏакъго унтун бугеб.\nХӏатта, республикаялда газ бичулел заправкабазда дандечӏеялцин унел руго. Водительзабаз хӏукму гьабун буго гьеб учузлъизегӏан бензин хӏалтӏизабизе. Газ хиралъиялъе гӏиллалъунги цо-цо экспертаз рикӏкӏунеб буго Цӏияб Уренгоялда цӏатариялъул заводалда цӏа ккей.\nГьезулго пикруялда рекъон, газ учузлъизе рес гьечӏо къватӏисел пачалихъазде бичулеб цӏатариялъул къадар дагьги гьабун гьеб жанибехун буссинабичӏони."}
{"slug": "13374-giumruyal-ul-sukh-makh-azul-sverabazda-charakh-zamayurt-nechaevka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13374-giumruyal-ul-sukh-makh-azul-sverabazda-charakh-zamayurt-nechaevka", "title": "Гӏумруялъул сухъмахъазул сверабазда: Чарахъ – Замаюрт – Нечаевка", "date": "2021-08-20 08:46:17", "categories": ["gara"], "text": "Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукӏана Шамил имамасул цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб маданияталъулгун тарихалъулфондалъул президент, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Гӏалиасхӏаб Хархачаев. Исана гьес тӏубана 70 сон. Гьеб юбилейги баркун, нижеца гьадинаб гара-чӏвари гьабуна гьесулгун.\n– Гӏалиасхӏаб, гӏумрудул 70 сон– гьеб дагьаб жо гуро. Чанги батӏи-батӏиял лъугьа-бахъинал ккун ратила. Байбихьи кинаб букӏараб?\n– Дир умумузул ракь ккола тӏелкьадерилгун гӏорхъода бугеб Кӏуяда росдал Чарахъ абураб кули. Гьениб букӏун буго 160-ниги цӏараки. Дир эмен 1939 соналдаса нахъе вукӏана рагъда – цин Финляндиялъулгун ва хадув – Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ. 1944 соналда, жеги дун гьавилалдегоха, нижер росдал жамагӏат гочинабуна Чачаназул Замаюрт абураб росулъе.\nГьебго соналъул февралалда, Сталинил указалда рекъон, чачанал ритӏана Казахстаналдегун Сибиралде. Магӏаруллъиялъул гӏемерал районал гочинаруна гьенире. Гьеб букӏана рагъул заман ва росабалъ хутӏун рукӏинчӏо ярагьунел бихьинал – рукӏана хералгун гӏисинал ва руччаби. Гьебмехалда дир эбелалъ бан букӏана 13 сон. Гьелда цӏакъ лъикӏ ракӏалда буго гьеб заман.\nНухда хун вуго гӏемер чи. Эбелалъ бицунаан, жал Замаюрталде щвараб мехалда, цӏеда лъураб хьагги хьагинир рарал хинкӏалги ратанин чанги бакӏалдаян абун. Гьедин инжитго рачахъун руго чачанал жидер ракьалдаса.\nГьединго инжитго рахъинаруна гьенире дагъистаниялги. Масала, эбелалъ бицунаан, росу тун инарин данде чӏараб мехалда, солдатас ботӏролъ автоматги кьабун, гьеб бакӏалдаго хванилан Жавгьарат абурай гӏадан. Гьей я юкъизе, я гьениса нахъе ячине течӏила. Росулъа къватӏире киданиги рахъинчӏел гӏадамазе бокьун букӏинищха чияр ракьалде ине.\n1946 соналда эмен тӏад вуссана рагъдаса. 13 соналъ гьабуна магӏишат Чачаналда. 1957 соналда, улкаялъул нухмалъиялде Никита Хрущев вачӏиндал, чачаназе ихтияр кьуна ватӏаналде тӏадруссине.\nНижер жамагӏаталъе ихтияр кьечӏо рукӏарабго бакӏалде тӏад руссине– СССРалъул Министрзабазул Советалъул хӏукмуялда рекъон, нижер росдал ракьал рикьун ругоан Гьонода, Къорода росабаздаги Кӏуяда росабазда гьоркьор. Гӏатӏиракьалда бихьизабуна нижер гӏадамазе бакӏ – гьанжесеб Нечаевка росулъ (гьенив гьавуна дун). Рукӏана цо-цоял росулъе тӏад руссун аралги – бачӏун милициялъ нахъе рачахъана.\nНечаевкаялда лъугӏана дир школаги. Гьенисан ана армиялдеги. Вукӏана авиациялда эскадрильялъул старшиналъун ва вахъана авиамеханиклъун. Хъулухъ гьабуна разведкаялда. Ункъо моцӏалъ вукӏана Египеталъул рагъдаги. Гьеб букӏана балъгояб операция. Нижер рагъулаб часть букӏана Псков областалда.\nЕгипеталдаса дица битӏараб кагъат унаан гьенибе ва, Псковалъул печаталги чӏван, гьенисан битӏулаан рокъобе.\n– Армиялдаса тӏад вуссараб мехалдаги механиклъунищ хӏалтӏизе арав мун?\n– Дун ана цӏорол кӏор гьабулеб заводалда хӏалтӏизе. 20 сон барав дун тӏамуна АТСалъул (автоматическая телефонная станция) начальниклъун. Гьенив хӏалтӏана ичӏго моцӏалъ. Гьенисан заводалъ витӏана Гусь-Хрустальный абураб шагьаралде цӏорол техникумалда заочно цӏализе. Цинги дун хӏалтӏана цӏорол кӏор цехалда сменаялъул начальниклъун. 1981 соналда ана\nЧӏикӏабГЭСстроялда хӏалтӏизе.\n– Тӏубанго батӏияб пиша –захӏмалъичӏищ гьеб хӏалтӏи дуе?\n– Гьеб цӏорол гаразул цехалда букӏана захӏматаб хӏалтӏи. Индиялдаса, Венгриялдаса, Румыниялдаса ва цогидал бакӏаздаса бачӏинарураб 18 компонент гъорлъги гьабун, цӏер\nгьализабулаан – корониб букӏунаан 1500 градусалъул багӏари. Гьединаб бакӏалдаса бетоналъул заводалде ин дие букӏана цӏакъ бигьаяб хӏалтӏи.\nМиякьоб ва Рихьуниб ГЭСал ралаго, байбихьудаса ахиралде щвезегӏан хӏалтӏана дун. Байбихьана бетон хӏадурулеб цехалъул начальникасдаса ва ахиралда вукӏана профкомалъул председательлъун. 12 азарго чи вукӏана гьенив хӏалтӏулев.\nГЭСал рай гуребги, нижер идараялъ гьарулаан цогидал хӏалтӏабиги. Масала, Махӏачхъалаялда кьоял, хӏалтӏухъабазе рукъзал кьеялъул мурадалда – гӏемертӏалаял минаби\nрана; рана гьел Буйнакскиялдагун Гъизилюрталдаги.\n– Дида рагӏана, Шамилхъалаялда цӏар лъезе дуца хӏаракат гьабунин абун …\n– Битӏараб буго – дир хӏаракаталъ ккана гьеб гьедин. Доб поселокалда букӏана Светлогорск абураб цӏар. 1985 соналда Светлогорскиялда\nтӏобитӏана профсоюзалъул конференция. Гьенив кӏалъалаго, дица загьир гьабуна, поселокалда Шамил имамасул цӏар лъезе кколин абураб пикру. Тӏадеги рахъун, гьелъие\nхъат чӏвана делегатаз. Гьеб пикру рекӏее гӏечӏо стройкаялъул начальниклъун вугев гӏурус миллаталъул чиясе ва Дагъистаналъул обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун вугев\nМухӏамад Юсуповасе. Шамилидехун бербалагьи расги лъикӏаб букӏинчӏо доб заманалда.\n– Гьединаб заманги букӏаго, кин гьеб пикру дур ботӏролъе бачӏараб?\n– Дун вуго Шамилил мурид Хархачил васасул вас. Гьев гьавун вукӏана 1832 соналда. 70 сон барав\nчи, хъизанги хун, жиндиего чӏужу ялагьизе Къахӏиве ун вуго гьев. Гьес ячана жидедаса 53 соналъ гьитӏинай\nчӏужу. Гьелъие гьабуна ункъо лъимер: кӏиго ясги кӏиго васги. Гьезул цояв вуго дир эмен. Кӏудияв инсуца\nбана 107 сон. Гьев хвана 1939 соналда. Дир эмен гьавуна, кӏудияв инсуца 88 сон бараб мехалда. Гьеб мехалда кӏудияй эбелалъ бан букӏана 37 сон.\nКавказалъул рагъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунаан дир инсуда\nкӏудадаца. Инсуца, тӏамурги бачун, кӏиго сагӏаталъ тӏатӏала ахӏулаан Шамил имамасул хӏакъалъулъ кучӏдул.\nДиеги гӏемер бицунаан Шамилил хӏакъалъулъ. Гьитӏинго рекӏелъ тӏинкӏараб рокьул хӏенехӏалъ киданиги течӏо дун Шамилил темаялдаса\nватӏалъизе.\n– Шамилидеги, ватӏаналъул тарихалдеги, умумуздеги рокьи рекӏелъ цӏуни лъикӏаб иш буго, амма темаги гьукъараб ва киналго партиялъул пикруялда хадур унеб заманалда Шамилил цӏар кьеян кӏалъазе вахъин бахӏарчилъи кколаха…\n– 1971 соналда бетоналъул заводалда хӏалтӏизе вачӏана дун. Гьениб лъай-хъвай ккана Гӏумарин абурав лъебеласулгун. Гьесулгунги гӏемер кколаан Шамилил хӏакъалъулъ хабар. Гьесухъа щвана дие «Шамилил цо-цо рагъазулъ дагъистаниязул хвалчадул паркъи» абураб тӏехь цӏализеги. Гьеб букӏана 1951 соналда басмаялда бахъараб тӏехь. Гӏемер цоцазухъе кьун цӏалиялъ, хӏул-хӏулун рукӏана гьелъул тӏанчалго. Чанцӏулго цӏалана дица гьеб. Гьединлъидалги рес букӏинчӏо Шамилил тема кӏочон тезе.\n1985 соналда конференциялда кӏалъан хадуб, дун, парткомалъул бюроялъул член, ахӏана ЧӏикӏабГЭСстроялъул парткомалде ва лъазабуна: гьеб хабар къотӏинабичӏони, партиялдаса рехизе вугоян абун. Дица жаваб кьуна, нилъер миллаталъул бахӏарчи мустахӏикъав вугин ватӏаналда даимлъиялъеян абун. Кӏиго соналъ букӏана гьеб сабаблъун дагӏба. Ахирги ахӏана обкомалде. Юсуповасги лъазабуна, тӏокӏалъ гьеб суал борхугеян абун.\nДоб заманалда дун вукӏана Захӏматалъул коллективалъул советалъул председатель. Щибаб идараялъул нухмалъиялъе гьукъулаан, гьеб советалда дандбачӏого, хӏукму гьабизе. Дунги ЧӏикӏабГЭСстроялъул управлениялъул начальник Виталий Жолнерчукги унел рукӏана Москваялде. Гьеб букӏана хӏалтӏул сапар. Самолеталда дун ккана Фазу Гӏалиевалда аскӏов. Бицана гьелда дирго рекӏелъ бухъардулеб пикру. Гьелъиеги асар гьабуна гьеб пикруялъ ва рагӏи кьуна кумек гьабизе.\nФазуца гьеб пикру бицун буго политбюроялъул членлъун вукӏарав Рой Медведевасда. Гьевгун дандчӏвазе ахӏана дун Фазуца. Бугеб хӏал бицана дица. «Дица Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ гӏемер тӏахьал цӏалана.\nШамил вуго машгьурав инсан, ватӏаналда бахӏарчилъун рикӏкӏунев чи. Гьесул цӏар поселокалъе кьеялъулъ щибго бегьунгутӏи гьечӏо», — ян абуна\nМедведевас. Дицаги гьесда гьарана, гьеб пикру загьир гьабураб кагъат кьеян абун. Гьебсагӏатго хъван кьуна кагъатги. Дагъистаналде тӏад вуссаравго, Юсуповасухъе ана дун, гьебги босун. Гьедин кьуна поселокалъе цӏар.\n– Сунца къуват кьолеб букӏараб ракӏалде ккараб жо гӏумруялде\nбахъинабиялъе?\n– Къуват кьолаан ватӏаналде, вижараб ракьалде рокьиялъги. Гьебги нилъее ирсалъе щун буго умумузухъанго. Дагъистаниязул бидулъ бессун буго эбел-инсул адаб-хӏурмат\nгьабиги, ватӏан бокьиги, тарих цӏуниги. Масала, дир эбел-инсул заман букӏунароан гьадин вукӏа, додин гьабеян малъаризе. Гьез ниж куцана жидерго мисалалдалъун, щибаб къоялъ гьабулеб хӏалтӏудалъун ва жидерго умумузул гьабулеб букӏараб хӏурматалдалъун. Гьанже гьеб лъикӏаб хӏаракат гьанже кӏочонеб буго.\nГӏалиасхӏаб Хархачаев хӏалтӏана батӏи-батӏиял бакӏазда,вукӏана Гъизилюрт шагьаралъул бетӏерасул заместительлъунги ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги. Гьесул жигараб гӏахьаллъигун 2013 соналда Калугаялда рагьана «Дагъистан» абураб культурияб центрги Шамил имамасул музей-рукъги.\nГьеб ишалъе Сагӏид Амиров ватана кумекалъеянги бицана Гӏалиасхӏабица. «Музей-рукъ къачӏазеги гьеб рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъизе Дагъистаналдаса вакилзаби ритӏиялъеги кӏиго\nмиллионгун ункънусазарго гъурущ харж гьабуна гьес. Кӏудияб кумек гьабуна доб заманалда Калугаялъул губернаторлъун вукӏарав Анатолий Артамоновасги, областалъул Культураялъул министерствоялъги, бакӏалъул музеялъул хӏалтӏухъабазги. Хӏалае вахъунаан Москваялда хӏалтӏулев вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповги», – ян бицана Хархачаевас.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "13375-chiel-bosana-unk-o-dag-istaniyas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13375-chiel-bosana-unk-o-dag-istaniyas", "title": "Чӏел босана ункъо дагъистанияс", "date": "2021-08-20 09:29:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул Гӏелмуялъул ва тӏадегӏанаб лъай кьеялъул министерствоялъул гӏахьаллъигун улкаялъул студентазда гьоркьор тӏоритӏулел къецазда гьоркьоб бищунго къадруяблъун рикӏкӏуна «Я – профессионал» абураб Тӏолгороссиялъул олимпиада. Исана гьеб тӏобитӏана ункъабилеб нухалда ва гьелъул букӏана 72 батӏияб рахъ – филологиялдаса робототехникаялде гӏунтӏун.\n2020-2021 цӏалул соналда рехсараб олимпиадаялда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса 11393 студент.\nРикӏкӏадасан гӏуцӏараб туралъул хӏасилалда гьезда гьоркьоса тӏаса вищана 1393 чи. Финалалда гӏахьаллъана 55 студент.\nГьезда гьоркьосаги ункъояв мустахӏикълъана олимпиадаялъул дипломазе: Камил Ниналалов (ДГУ), Хӏасан Гучучалиев(ДГУНХ), Айна Мурадова (ДГПУ) ва Фатима Сайпудинова (ДГПУ).\nГьел студентазе бигьалъи гьабизе буго церетӏурал Россиялъул вузазул магистратураялде, аспирантураялде ва ординатураялде цӏализе лъугьунаго. Гьединго гьезие рес кьола профилияб компаниялда стажировка гьабизе. Олимпиадаялда медаль щварал гӏолилазе кьезе буго гӏарцул премияги – 100-300 азарго гъурущ."}
{"slug": "13376-mugialimzabaze-kepkal-tsiikikiina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13376-mugialimzabaze-kepkal-tsiikikiina", "title": "Мугӏалимзабазе кепкал цӏикӏкӏина", "date": "2021-08-20 09:34:08", "categories": ["obrazovanie"], "text": "1 сентябралдаса байбихьун нилъер республикаялъул школазда хӏалтӏулел мугӏалимзабазул харж цӏикӏкӏинабизе буго 23 проценталъ. Гьеб ккола гӏага-шагарго 3000-гӏанасеб гъурущ. ДРялъул Хӏукуматалъ гьабун буго гьединаб хӏукму.\nМисалалъе, категория гьечӏев мугӏалимасул харж цӏикӏкӏине буго 12700-ялдаса 15700 гъурщиде щвезегӏан ва гьелда рекъон цӏикӏкӏине руго цогидазулги.\nСагӏтал ва гьединго категория гӏемер бугев чиясе дагьабги цӏикӏкӏун щвезе буго моцӏалъе гӏарац.\nАмма гьеб гӏарац щвезе буго ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялде гъорлъе унел школазе. Бакӏалъул муниципалитетазда гъорлъе унел школазе, гьанже цӏикӏкӏинабураб моцӏрол харж щвезе ккани, гьел муниципалитетазул нухмалъулезул хӏукму къваригӏунеб буго.\nГьелда хурхун, районазул нухмалъулезул пикраби лъазе бухьен гьабуна нижеца, амма жеги гьелъул чӏванкъотӏи гьечӏин абуна нижергун гара-чӏвари гьабураз. Гьелдалъун нижецаги лъугӏизе толеб буго.\nАллагьас хъван батани, ниж гьеб темаялде газеталъул хадусел номеразда жеги тӏад руссина.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "13434-tsiale-tsiale-dir-tsiodor-sentyabr-shcholel-ul-ulbuzde-beguleb-urg-alil-bakil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13434-tsiale-tsiale-dir-tsiodor-sentyabr-shcholel-ul-ulbuzde-beguleb-urg-alil-bakil-i", "title": "Цӏале, цӏале, дир цӏодор… Сентябрь щолелъул, улбузде бегулеб ургъалил бакӏлъи", "date": "2021-08-26 09:18:29", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Хириял «Хӏакъикъат» газета цӏалулел. Тӏаде щолеб буго цӏияб цӏалул сон. 1 сентябралде нужерго лъимал къачӏалел, рекерахъдилел ратила гьабсагӏат нужеда гъорлъги гӏезегӏан чагӏи. Партаялда нахъа тӏоцебесеб нухалъ чӏезе руго нус-нус гьитӏичал.\nЖакъа эбел-инсуе бигьаяб бетӏер унти гуро лъимер цӏияб цӏалул соналде хӏадури. Хасго кӏиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе махӏниги бигьаго батиларо. Гьебги хӏисабалде босун, нижеца хӏукму гьабуна 1 сентябралъул хӏакъалъулъ гьаб номералда гӏатӏидаб макъала кьезе.\nЛЪАЯЛЪУЛ КЪЕБЕЛЪУХЪ ЩИБДАЙ БУГЕБ ХӏАЛ?\nИсана цӏалул соналде цӏияб анкьго школаги щуго ясли-ахги бан хӏадурун буго республикаялда. 1 сентябралде 1600 лъимералъе жидерго каву рагьизе хӏадурун чӏун руго гьел. Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, 451050 цӏалдохъан къабул гьавизе ракӏалда буго респу- бликаялъул школазда исана. Гьезда гьоркьор тӏоцебесеб классалде унезул къадар буго 56888 лъимер. Гьел ккола жеги тӏубан гургин гьаричӏел тарихал, щайгурелъул, 1 сентябрь щвезегӏан, школазде рачунезул сияхӏ жеги цӏикӏкӏине бугелъулин баян гьабуна Роспотребнадзоралъ. Гьаб соналъул ахиралде жегиги 16 школаги 57 ясли-ахги бан бахъинабизе ракӏалда бугин бицана 20 августалда тӏобитӏараб лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазул данделъиялда Сергей Меликовас. Республикаялъул бетӏерас гьенибго рехсана, биххун иналде ккун, жагъаллъун бугеб 200- гӏан школаги.\nМиллияб проекталда рекъон, басриял къачӏалеб, цӏиял школал ралеб пачалихъалъул программаги гьоркьоб къотӏун гьечӏин абуна С. Меликовас. Гьединго гьес бицана исана цӏалул цӏияб соналде мугӏалимзабазе харжал цӏикӏкӏинаризе ресал ратаниланги — цоязе 20, цогидазе 25 проценталъ цӏикӏкӏине руго гьел. Гьеб ккола кӏиазаргоялдаса ункъазаргоялде щвезегӏан гъурущ. Батӏаго гӏемераб гӏарац гуреблъиги лъалин гьеб, амма бугелда ракӏ рази гьабизе ккелин нужецаян, яхӏ гъуна гьес лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазда.\nЛъабго сменаялда лъимал цӏализарулел школал республикаялда гӏемер рукӏиналъул хӏакъалъулъги бицана данделъиялда. Бищунго цӏикӏкӏун гьел руго Махӏачхъалаялда.\n2023 соналде щвезегӏан республикаялда рагьизе ругел школазул ва ясли-ахазул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас. Хадуб гьес кӏвар буссинабуна лъай кьеялъул даражаялде. Абуна мугӏалимзабазул яшав лъикӏлъизабизе ресал ургъулел ругиланги.\nАраб соналъ лъикӏал хӏасилал рихьизарурал лъай кьеялъул цо-цо хӏалтӏухъабазе шапакъаталги рикьана гьенир. Къокъго бицани, гьединаб букӏана санайил тӏобитӏулеб мугӏалимзабазул августалъулаб данделъи.\nБАГЬАБАЦА ХӏАНЧӏУЛЕБ БУГО\nГьанже нилъ рилълъина 1 сентябралде жидерго лъимер къачӏалел ругел эбел-инсул щиб къо-мех бугебали цӏехезе. Махӏачхъалаялда лъималазул ретӏел-хьит бичулел ва школалъул къайи-цӏаялъул тукаби занкӏун цӏун руго гьал къоязда. Рекъараб багьаялде лъикӏаб партал балагьулел руго улбулги.\nГьезул цо-цоязда аскӏове щун, гара-чӏварана дун гьал къоязда. Киназего кьолел суалал цого рукӏана: цӏакъго къо бихьанищ исана лъимер къачӏалаго, хъизамалда бугеб лъимер рикӏкӏун кьолеб Путинил 10000 гъурщица кумек гьабунищ, гъоркьисаялде дандеккун исана дагьабниги гъурущ тӏокӏлъичӏищ абурал.\n— Битӏараб бицани, харж гьабураб гӏарцул хӏисаб гьабизе жеги регӏичӏо дун, — илан бицана ясалъе портфель босулев ватарав Махӏачхъалаялдаса Русланица.\n– Нижеца гьанжего-гьанже квер бана гьей школалде къачӏазе. Гьединлъидал жеги нухлул байбихьуда вугин абизе бегьила. Амма ракӏчӏун лъала цохӏо 10000 гъурщида дун чӏоларевлъи. Тӏоцебесеб классалде уней яс йигелъул, гӏемераб жо босизе ккола гьелъие. Цохӏо гьаб портфелалъухъ инехъин буго 2500- 3000 гъурущ. Цохӏо моцӏалъе босулеб жоги аб букӏунарелъул, цӏалул сон лъугӏизегӏан хвечӏого букӏине, лъикӏаб, багьаяб босизе ккола абги. Узухъда, Путинил гӏарцуца кӏудияб кверчӏвана дидаги цогидаздаги, хасго кӏиго-лъабго лъимер бугеб хъизамалъе кӏудияб кумек ккун батила гьелъул. Амма нижерго кисаялдаги лъикӏго кьабизехъин бугоха.\nБАРКАЛА, ПУТИН-ДАЦИ\nЦо вугев вас ункъабилеб классалде къачӏалей Рисалатицаги абуна Путинил 10000 гъурущ щваниги, 18000 гъурущ хванин жиндир исанаян:\n— Гъоркьисала дир ун букӏана 8000 гъурущ, исана гьелда чӏечӏо иш. Щайин абуни, цӏакъго хиралъун буго кинабго жо. Гъоркьиса 800 гъурщиде босун букӏараб гурде исана 1700 гъурщидаса гъоркье щолеб гьечӏо. Гьебго къагӏидаялъ хираго чӏана дие тӏажуги хьиталги.\nШколалде хӏажатаб къайи-цӏаги учузго гьечӏо. Тетрадаздаса байбихьун хиралъун руго гьелги исана. Цо-цо жони босизе ккечӏо дица исана. Мисалалъе, портфель гъоркьисаго букӏараб хӏалтӏизабизе бегьула, гьединго хасалил куртка, араб соналъго букӏараб, жеги басралъичӏого буго. Амма гьедин чанги жоялдалъ- ун гӏарац тӏокӏ гьабилин исанаян хьулазда йикӏаниги, багьаби рахун ратиялъ дир къасдал хӏорго хутӏана. Путиница 10000 гъурущ кьуниги, гъоркьисаго гӏадин, дирго кисиниса гӏезегӏан гӏарац харж гьабизе ккана дица. Цо лъимер бугей эбелалъецин гьеб дагьаб гӏарац гуро. Гьанже хӏисаб гьабе, кӏиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе букӏине бугеб ур- гъелалъул. Лъица щиб бицаниги, бигьаяб жо гуро жакъа лъимер школалде къачӏай.\nДицани гӏемерисебщинаб жо интернет-тукадасан босана. Гьедин гьабиялъул хайирги буго. Цо рахъалъ босани, цересан тукаби хъирщулаго заман хвезабизе кколеб гьечӏо, дурго бохдузе хӏалхьи буго. Дуе гъоркье-тӏаде лъугьун багьабазул рахъалъ бигьалъиги гьабула гьез. Каспийскиялда гӏумру гьабун йигей Рашидатил лъабго лъимер буго исана школалде хӏадуризе кколеб. Путинил 10000 гъурущги жеги щвечӏин бицана гьелъ:\n— Щвезе бугин абуна диеги гьеб. Гьелда хадуй лъугьине гьабсагӏат дир заманги гьечӏо. Босизе кколеб жоги гӏемер буго, багьабиги гъоркьисала рукӏарал гьечӏо, хиралъун буго кинабго жо. Лъабго лъимер школалде къачӏазе ккей кӏудияб бетӏерунти буго эбелалъе. Хасго нахъасан кверчӏвазе чи гьечӏел, пуланго хутӏарал эбел-эменги чанги ругелъул. Цогидал лъималазул бугеб жо диразулги букӏине бокьун, гӏемераб яхӏ бахъула гьез лъимер школалде къачӏазе. ИншаАллагь Путинил гӏарацги щвелеб батила.\nМахӏачхъалаялъул Сепараторазул поселокалда гӏумру гьабун йигей Хадижатица, кӏиго лъимер школалде хӏадурулелъул, жиндиего букӏунеб ургъелалъул гьадин бицана:\n— Сентябрь тӏаде щолелъул санайил тӏаде бегулеб гьир бугоха гьаб щияй эбелалъе. Чан жо кколеб босизе, ручка-къаламалдаса байбихьун, гурдетӏажуялде гӏунтӏун. Санайил хиралъулеб абги буго. Босизе кколеб жоги, цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулеб гьечӏо. Цӏалул тӏахьазухъги уна батанщинаб гӏарац. Гьале дида ракӏчӏун лъалаха 20000 гъурщида дун чӏоларейлъи. Гъоркьисаго босараб исанаги хӏалтӏизабизе бегьилин кканиги, цо-цо жо батула кингоги босичӏого гӏолареб. Щукру Бетӏергьанасе, исана Президентасул сайгъаталъги дагьаб кумек гьабуна. Амма кинисан балагьаниги, гӏолеб гьечӏоха гӏарац.\nГьединаб хӏалалда руго школалде лъимал къачӏалел эбел-эмен. Киназего бокьула жидерго рижи 1 сентябралъ, тӏегь гӏадин, къачӏан букӏине. Амма гьезда тӏад хвезабизе кколеб гӏарцуца чангиялда макьуги квенги кӏоченабулеб буго.\nБихьараб къоялдайищха бащалъилеб лъималазе щолеб лъай.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "13435-kiochonarel-lakhizatal-giemer-rukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13435-kiochonarel-lakhizatal-giemer-rukiana", "title": "Кӏочонарел лахӏзатал гӏемер рукӏана", "date": "2021-08-26 09:36:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовас Адыгеялда вугев Дагъистаналъул кидагосев вакил Чупан Асилдаровасе кьуна «Бахӏарчияб захӏматалъухъ» абураб медаль. Дагъистаналъе гуребги, Адыгеялъеги ва тӏолабго Кубаналъего гьеб кканин ракӏалдаса унареб лъугьа-бахъинлъунин жиндирго разилъи загьир гьабуна Адыгей Республикаялъул Гуманитариял цӏех-рехазул институталъул гӏалимчи, филологиял гӏелмабазул доктор, гӏемерал соназ Чупанилгун гьудул- лъи бугев Асфар Куекица.\n«Къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ Чупан Асилдаров вуго Адыгеялда Дагъистаналъул вакиллъун. Гьеб заманалда жаниб цин рагьана, цинги къана Абхазиялдаги, Чачаналдаги, Ингушетиялдаги, Краснодар краялдаги рукӏарал Дагъистан Республикаялъул вакиллъаби. Амма Адыгеялда бугеб вакиллъиялда тӏалъулел рукӏарал ишалги гьелъул статусги хутӏана гӏемерго хисичӏого. Гьелъие сабаблъунги ккана Чупан Асилдаровасул жигараб ва пайдаяб хӏаракатчилъи. Гьесухъа бажарула «Хъахӏаб рукъалъул» кабинетазда кӏусарал хӏакимзабазухъеги къуваталъул идарабазухъеги нух бахъизе. Киса-кивго гьев къабул гьавула жидерго чи хӏисабалда ва гьесул адабхӏурмат гьабула.\nЖиндирго хасал мурадазе гӏоло гуреб, тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабиялъул мурадалда ва статусалъул тӏалабалда рекъон хӏалтӏизе бажари бугев инсан – гьедин абизе бегьула Чупан Асилдаровасул хӏакъалъулъ. Гьеб пикру нижелъ, Адыгеялъул журналистазулъ, тасдикълъана 20 соналъ гьес гьа- бураб хӏалтӏулги хӏаракаталъулги хӏасил гьабидал. Гьесул жигараб гӏахьаллъигун къабул гьабуна, масала, Дагъистан Республикаялдаги Адыгея Республикаялдаги гьоркьосел бухьеназулги гьудуллъиялъулги хӏакъалъулъ къотӏи. Гьелда гьоркьобе уна кӏиябго республикаялъул журналистазулгун бухьеналги. Гьеб рахъалъ къотӏи тӏубазабиялъул мурадалда доб заманалда Дагъистаналде пишацоязухъе ахӏун рукӏана ниж: «Социалистияб Адыгея» абураб республикаялъулаб газеталъул бетӏерав редактор, Адыгеялъул Журналистазул союзалъул председатель, хъвадарухъан Анатолий Пренкоги дунги – «Адыгэ макъ» (Адыгасул гьаракь) абураб миллияб газеталъул бетӏерав редактор ва Пренкол заместитель. Пишацояз ниж къабул гьаруна тӏадегӏанаб гьоболлъигун. Нижее рес щвана миллиял газетазул журналистазулгун гара-чӏвариял гьаризеги, гӏалимзабазулгун ва жамгӏиял хӏаракатчагӏазулгун дандчӏваял тӏоритӏизеги. Гьениб къотӏи ккана цоцазухъе макъалаби ритӏизе ва хадурккун гьел рахъулаан цоцазул миллиял газетазда. Лъагӏалида жанир кӏицӏулниги ниж дандчӏвалаан Россиялъул цогидал регионаздасаги журналистал цолъарал прессаялъул форумаздаги.\nАмма бищунго кӏочонареблъун лъугьана Махӏачхъалаялда, поэзиялъул патриарх Расул Хӏамзатовасулгун букӏараб дандчӏвай. Кӏиго сагӏаталъниги рукӏана ниж гьесухъ гьоболлъухъ. Гьеб букӏана ракӏалдаса унареб хинаб дандчӏвай. Ва гьелъие сабаблъунги ватана нижер божарав гьудул Чупан Асилдаров. Ана сонал, ккана гӏемерал лъугьа-бахъинал, амма доб вацлъиялъулаб гьоболлъи киданиги кӏочонареблъун цӏунун хутӏана рекӏелъ. Гьединал ишал гӏемер руго Чупанил гӏумруялда.\nБокьун буго Дагъистаналъул нухмалъиялъе кӏудияб баркала загьир гьабизе – ракьцоязде бугеб лъикӏаб бербалагьиялъухъ, ишалъе мутӏигӏал, гьабулеб хӏаракаталъулъ ракӏбацӏцӏалъи цӏунарал хӏалтӏухъабазе мустахӏикъаб къимат кьуралъухъ», — ан хъвалеб буго Асфарица жидерго газеталда.\n«Хӏакъикъат» газеталъул рахъалдасанги баркула Чупанида гьеб шапакъат. Гьабулелъулъ икъбал ва баракат."}
{"slug": "13436-bishcharab-nukh-batarab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13436-bishcharab-nukh-batarab-k-ismat", "title": "Бищараб нух, батараб къисмат", "date": "2021-08-26 09:52:42", "categories": ["gara"], "text": "Медицинаялъул гӏелмабазул доктор, Гумбет районалъул Аргъвани росулъа Мустӏапа Гӏалиев ккола теориябгун практикияб рахъалъ цӏикӏкӏараб хӏалбихьи бугев тохтур, психиатриялда тӏадегӏанаб даража щварав специалист. Гьев хӏалтӏана Тамбовалда, республикаялъул централияб больницаялда, вукӏана СПИД централъул бетӏерав врачлъун, диагностикаялъулаб централъул бетӏерав врачасул заместительлъун. Гӏемерал соназ вукӏана республикаялъул психоневрологияб диспансералъул бетӏерав врачлъун, гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго гьеб диспансералъул отделениялъул заведующийлъун ва гьелдаго цадахъ вуго медуниверситеталъул психиатриялъулгун наркоманиялъул кафедраялъул доцентлъунги. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ щварав гьесул- гун гара- чӏвари гьабуна нижеца.\n— Мустӏапа, дур гьитӏинаб Ватӏан ккола Аргъвани, бечедаб тарихалъул некӏсияб росу. Росдал рахъалъ абизе кинал рагӏабидай дур рукӏина?\n— Гьеб буго гӏага-шагарго цо азарго соналъ цере Шамалдаса (Сирия) гьанире рачӏарал гӏадамаз гӏуцӏараб росу. Гьелда абула гӏалимзабазулгун цӏаларал чагӏазул росуйинги. Гьениса рахъана тӏадегӏанаб даражаялъул гӏалимзаби — гӏарабистал Пайзудин, Абакар-Дибир, Шамил имамасул наиб Шамхал Муртазагӏалиев, гьев ккола («Багӏарал мугӏрул») «Хӏакъикъат» газеталъул редакторлъун вукӏарав Гӏабдулатӏип Шамхаловасул эмен ва гӏемерал цогидал. Гьединлъидалги батизе бегьула, хӏуригат ккун хадуб нижер росулъа гӏемерав чи туснахъ гьавуна, гьезда гьоркьов вукӏана дида цӏар лъурав кӏудияв эменги. Ракь багъариялда (1970 сон) цебе гӏадамазул аслияб магӏишат букӏана гӏи-боцӏухъанлъи, басрияб росулъ букӏинчӏо пихъил цо гъветӏцин. Гьеб балагь ккун хадуб бащдаб росу гочана 8 километралъ гӏодобегӏан, битӏараб авалалда бугеб Садуб майданалде ва гьениб гӏуна цӏияб росу. Нижер гӏадамал руго цоцазул къадру-къимат цӏунарал, жамагӏат буго гъункараб, гьоркьоблъи щулияб. Гьединаб, некӏсиябги цӏунараб, цӏиялъеги нух рагьараб, нилъер гӏадат-гӏамалги киданиги течӏеб росу буго Аргъваниб.\n— Дол Шамилил рагъазулъги буго нужер росдал лъалкӏ…\n— 1839 соналъул май моцӏалда Аргъваниб ккана кӏудияб рагъ, гьелъул хӏасилалда чӏвана 300-гӏанасев мурид (гьезда гьоркьов 50-гӏанасев нижер росуцоявги), бухӏана росу. Гьелдаса хадур Шамил ва гьесул муридзаби ана Ахӏулгохӏалде.\n— Дуца медициналъул цӏали, хӏалтӏи тӏаса бищиялъе гӏилла щиб букӏараб, нужер тухумалда гӏемер рукӏанищ тохтурзаби?\n— Рукӏинчӏо. Кӏиабилеб классалда цӏалулаго, гьуърулги унтун дун ккана больницаялде, гьениб бана 20-гӏанасеб къо. Гьеб бакӏалда кинабгоги бихьун, 10 сон барав дица гьабуна тохтурлъун вахъине вугин абураб хӏукму. Диего кьураб рагӏи дицаги хисичӏо.\n— Гӏумруялъул гьеб нух тӏаса бищиялдаса киданиги рекӏекълъанищ мун?\n— Киданиги рекӏекълъичӏо. Хӏалтӏи байбихьана институталда цӏалулаго централияб больницаялда медбратлъун хӏалтӏиялдаса. 37 сон бараб мехалъ дие щвана «Отличник здравоохранения СССР» абураб хӏурматияб цӏар. Дир руго газеталгун журналазда рахъарал 50-ялдаса цӏикӏкӏун ва ВАКалъул журналалда бахъараб 15 гӏелмиял макъалаби. Хӏалтӏулев ва хъвадарулев вуго жакъаги, гьеб иш тезе жеги ракӏалдаги гьечӏо.\n— Жакъа мун хӏалтӏулев вуго жидер заманалда дуцаго лъугӏараб институталда. Цӏали гӏуцӏиялъул, гьелдехун студентазул бугеб бербалагьиялъул рахъалъ доб мехалъ букӏаралдаги жакъаселдаги гьоркьоб батӏалъи бугищ?\n— Долдаса нахъе хисана гӏемераб. Дица дидагоги дир гьудул-гьалмагълъиялдаги гӏемер гьикъула – нилъ лъица ва кин сах гьаризе ругелин абун. Гьелъул буго ургъел, гьелъ толаро рахӏат. Гӏелму ва техникагун технологиял кутакалда церетӏолел руго, цӏализеги хӏалтӏизеги ресал гӏемерго цӏикӏкӏунел руго, амма… Доб мехалъ студентазул гъира букӏана лъай щвезе, гӏемер рукӏана гьезие гьеб кьолел преподователалги. Дун вуго машгьурав тохтур — хирург Мажид Махӏатӏиловасул ученик, жеги студентлъун вукӏаго гьес малъана дида гӏемераб, ругьун гьавуна операциял гьаризе.\n— Хаслъи бугеб учреждение бугелъул, тохтурзабазе бигьа букӏунищ нужер больницаялда хӏалтӏизе?\n— Бигьаяб жо гьечӏо, гӏемерал тохтурзабаз хӏехьоларо доб хӏалтӏи, лъагӏелалъ хӏалтӏун нахъе уна гӏемерал. Хасмухӏамад-хӏажица абуна дида цӏакъго тӏадегӏанаб иман бугев чиясухъа гурони бажаруларин гьаб хӏалтӏи гьабун, гьенив хӏалтӏарав чиги хӏеж борхарав чиги цого даражаялъул чилъун рикӏкӏине бегьулин абун. Кумек, бигьалъи гьа- бун гурони, гьедин унтарав тӏуванго сах гьавизе кӏоларо тохтурзабазда. Гӏемерисел унтарал рукӏуна социалиябгун материалияб рахъалъ ресукъал, захӏмалъиялде ккарал. Буго цойги хаслъи, эбел- инсуца унтарал лъимал, кинаб хӏалалда гьел ругониги, киданиги рехун толаро, амма лъималаз унтарал эбел-эмен рехун тарал хӏужжаби камуларо. Аслияб куцалда нижехъе ккола гӏолохъанаб гӏел, 30 сонил ригьалде щвезегӏан ругел.\n— Унтаразе рекъарал шартӏал ругищ больницаялда, дару-дарма- налдалъун хьезари кинаб хӏалалда бугеб?\n— Цо машгьурав тохтур- гӏалимчияс абуна нилъер сахлъи цӏуниялъе бюджеталъ гӏарац биччалин цоги киналъегоги бикьун хутӏаралъул хӏисаб гьабун, сахлъи цӏуниялъ пси- хиатриялъеги биччалин гӏарац гьеб- го къагӏидаялда, цоги бутӏабазе кьун хутӏаралдаса босун абун. Гьеб буго тӏолабго Россиялда, хасго Дагъиста- налда билълъараб низам. Цо сордокъо хӏисаб гьабун унтарасе бихьи- забун буго 75 гъурущ квание ва 75 гъурущ дарабазе. Гьеб гӏарцудалъун щибха гьабизе кӏвелеб унтарасе? Кигӏан мукъсанаб гӏарац бугониги, унтарал ракъун хутӏуларо, гьел рехун толаро гӏагарлъиялъ, гӏемер ккола садакъаялъе квен босун рачӏунел гӏадамал. Амма дараби гӏагарлъиялъ росичӏого гӏоларо.\n— Исана, 70 сонил ригьалда дуца цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул докторасул цӏар. Дагьав кватӏун ккечӏищ мун?\n— Битӏун буго, ккана. Дица хъвана 4 диссертация. Тӏоцебесеб хъвана Рашид Аскерхановасул нухмалъиялда гъоркь, дун вукӏана гьесул ученик. Гьеб цӏунизе заман гӏагарлъарабго хвана гьев, дицаги жибго тана диссертация. Цоги соналдасан дица гьеб хъвана Герей Гереевасул нухмалъиялда гъоркь. Гьелда тӏад хӏалтӏулаго хвана мунагьал чураяв, дицаги тана хӏалтӏи, ккана гьаб иш дир гурин абун. 2000 соналда цо гӏелмияб данделъиялда дун вукӏана Астраханалда. 2013 соналда дица гӏуцӏана Дагъистаналъул психиатриялъ 100 сон баялда хурхараб гӏелмияб конференция, гьениве ахӏун вукӏана тӏолабго Россиялдаса 40 профессор. Гьеб конференциялде дица хӏадурараб материал хадубккун ккана дир докторасулаб хӏалтӏуе кьучӏлъун. 2017 соналда дица байбихьана гьеб хъвазе ва 2019 соналда лъугӏизабуна. Гьаб коронавирус унтиялда хурхун, хадусеб кӏиго соналъ дир рес букӏинчӏо гьеб хӏалтӏи ВАКалде битӏизе. Цинги битӏана гьебги, исана соналъул январалда цӏунана диссертацияги. Гьедин ккана кватӏи.\n— Мун жакъаги хӏалтӏулев вуго больницаялда, вуго студенталгун. Дуе захӏмалъулеб гьечӏищ, кӏолеб бугищ заманалъул тӏалабазда рекъон ине?\n— Рарал соназ жиндирабго гьабичӏого телищха, амма дунги къуркьулев гьечӏо. Гьале гьабсагӏаталда дида кодоб буго гӏагараб заманалда къватӏибе биччазе бугеб «История психиатрии Дагестана» абураб тӏехь. Москваялда хӏадурулеб буго цоги тӏехь.\n— Рехсечӏого гӏоларо гьаб коронавирусги, мунгоги унтун вуго гьелъ. Гьелда сверухъ бицунеб жо гӏемер буго, дуца щиб абилеб?\n— Тӏадаб буго цӏуни гьабизе. Гьабизе ккола прививкаги, гьеб гьабуравги унтизе рес буго, амма унти уна гӏемерго бигьаяб къагӏидаялда. Гьеб гьабуна дица ва дир гӏагарлъиялъ.\nГӏ. ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "13440-tarbiya-keyalde-kivar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13440-tarbiya-keyalde-kivar", "title": "Тарбия кьеялде – кӏвар", "date": "2021-08-26 10:07:26", "categories": ["obrazovanie"], "text": "«Гьанже заманалъул лъай кьеялда тарбия кьей: аслиял масъалабаздаса цӏиял программабаде» — гьединаб темаялда гӏуцӏараб семинар тӏобитӏана педагогиял хӏалтӏухъабазул санайил букӏунеб хӏасилияб конференциялда.\nДанделъи букӏана Республикаялъулаб лъай кьеялъул централда. Гьелда гӏахьаллъана кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун педагогги, школазул директоразул тарбия кьеялъул рахъалъ заместителалги, классалъул нух- малъулелги.\nДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул тӏоцевесев заместитель Мухӏамад Гӏабидовас бицана республикаялда лъай кьей цебетӏезабиялъулги жамгӏияталда педагогасул бугеб кӏваралъулги хӏакъалъулъ. Лъай кьеялъул рахъалъ пачалихъияб политикаялда кӏудияб бакӏ ккола социалияб жавабчилъи чорхолъ бессарал гӏадамал куцаялъин абуна гьес.\nДРялъул Педагогазул ассоциациялъул председатель, РЦОялъул директор Анжела Байрамбековалъ бицана гьанже заманалъул лъай кьеялда тарбия кьеялъул бугеб кӏваралъулги гьеб рахъалъ хӏадурараб цӏияб программаялъулги хӏакъалъулъ.\nСеминаралда бихьизабуна цӏалдохъабазулъ ватӏаналде рокьи куцаялъул модельги. Бицана гьениб батӏибатӏиял школазда гьеб рахъалъ бугеб хӏалбихьиялъул хӏакъалъулъги.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "13441-zakhimatal-k-oyazul-k-adruyab-ragiad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13441-zakhimatal-k-oyazul-k-adruyab-ragiad", "title": "Захӏматал къоязул къадруяб рагӏад", "date": "2021-08-26 10:22:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда 22 сон тӏубана Дагъистаналда тӏаде кӏанцӏарал халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаби щущазаруралдаса. Гьелда хурхун 19 августалда, «Гьудуллъиялъул рокъоб» Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ тӏобитӏана кӏудияб конференция. Гьелда гӏахьаллъана министерствоялъул хӏалтӏухъаби, рагъул гӏахьалчагӏи-ополченцал, гьалбал.\nГьеб рагьана ва бачана министрас — Энрик Муслимовас. Кӏалъазе рахъараз ракӏалде щвезаруна дол захӏматал къоял, бицана букӏараб хӏинкъиялъулгун хӏалуциналъул, нилъер халкъалъ бихьизабу- раб гъункиялъул, цолъиялъул, бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Гьез загьир гьабуна пачалихъалъул идарабазул рахъалъан ополченцаздехун хашаб бербалагьиялдаса, гьезие рагъул гӏахьалчагӏазул статус кьеялда сверухъ дандчӏвалел ругел квекӏеназдаса жидер бугеб рахӏатхвеялъул. Бихьизабуна гьадинал данделъабазда Лъай кьеялъул, Культураялъул, Гӏолилазул ишазул рахъалъ министерствабазул вакилзабиги чара гьечӏого рукӏине ккей (жакъа гьанив гьезул рахъалъа цониги чи вукӏинчӏо). Данделъи ана рагьараб, жидер пикраби эркенго загьир гьаризе щивасе рес кьолеб хӏалалда. Данделъи лъугӏун хадуб, цо чанго суал дица кьуна дол соназда Болъихъ районалъул бетӏерлъун вукӏарав рагъул гӏахьалчи-ополченец Мухӏамад Гӏумархӏажиевасе.\n— Мухӏамад, ана 22 сон. Кӏочон тезе байбихьулеб бугищ доб рагъ-кьал, гӏодобе буссунеб бугищ рекӏелъ бугеб унти?\n— Дол лъугьа-бахъиназ данде гьабуна нилъер халкъ, рагъуца цолъизаруна нилъ, кутакалда борхизабуна нилъер патриотизм. Доб рагъ киданиги кӏочене ихтияр гьечӏо нилъер. Кӏудияб Ватӏанияб рагъ киданиги кӏочене бугищ нилъеда? Гьечӏо. Гьабги нилъее буго добго мисалалъул «Гьитӏинаб Ватӏанияб» рагъ.\n— Гьанир кӏалъазе рахъараз абуна ополченцазе рагъул гӏахьалчагӏазул статус кьолеб гьечӏилан…\n— Квеш ккараб жо буго гьеб суалалда сверухъ цо бичӏчӏулареб рагъ, дагӏба-къец унеб букӏин. Республикаялда буго ополченцазул 5-6 батӏибатӏияб гӏуцӏи. Гьез добехун- гьанибехун цӏан хӏабургъинабулеб буго ахӏвал-хӏал, пачалихъалъул идарабазги кӏвар кьолеб гьечӏо гьелде. Кӏиго лъагӏел буго ополченцазе гьеб статус чӏезабуралдаса. Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас Путиние кьураб баяналда вихьизавун вукӏана 12241 ополченец. Гьездаса 520 чиясе гурони жакъа къоялде щвечӏо рагъул гӏахьалчиясул статус. Бокьухъе цӏацӏалеб букӏун хадуб кӏодолъана ополченцазул сияхӏги, гьеб бахана 28 азаргоялде. Гьелъулъ буго захӏмалъи. Нижеца Сергей Меликовасухъе хӏадурун буго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал мухӏканго рехсараб кагъат. Гьал къоязда гьеб щвезе буго гьесухъе, щун хадуб кинабго данде бачӏинин абураб хьул буго нижерги.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "13442-gialimchiyasul-khiurmatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13442-gialimchiyasul-khiurmatalda", "title": "Гӏалимчиясул хӏурматалда", "date": "2021-08-26 10:33:33", "categories": ["history"], "text": "Къудукьа Мусалав — гӏелмудул ралъад,\nГӏалам хӏайранлъана дур хӏикматазда…\nГьал къоязда Хьаргаби районалъул Къудукь росулъ тӏобитӏана, цебегоялдаса гӏадатлъун билълъараб росдал садакъадул къо.\nЩибаб соналда августалъул лъабабилеб рузманкъоялъ тӏобитӏула росдаего садакъа бикьулеб тадбир. Гьанал садакъадулъ гӏахьаллъизе бокьараз хъураб чӏегӏерхӏайван 10 – ялдеги бахуна, цо-цо соналда гьелдаса цӏикӏкӏунги букӏуна. Росдал щибаб цӏараки рикӏкӏун гьарула гьанал бутӏаби. Гьеб къоялде росулъе рачӏуна шагьараздаса росуцоялги. Садакъа гьабизе рес бугевщинав чияс бикьула чед, пиринчӏ, цӏам, макарон, чакар, пластмассалъул цӏарагӏал ва цогидал кванил нигӏматалги. Бикьулеб босизе росуцоялги рачӏуна.\nКӏудияв гӏалимчи — «Мусалав аль-Къудукъи» абун халкъалда гьоркьоб жиндир цӏар тӏибитӏарав, гӏарабист ракӏалде щвезавиялъул мажлисалъе кьучӏ лъун буго 1992 соналда. Гьев мубарак кӏодо гьавун садакъадул къоялда хадуб, ай шамат къоялъ, росдал мажгиталда тӏобитӏула кӏудияб мажлис «Мусаласул къо» абун билълъун буго гьеб къоялда цӏарги. Рачӏуна сверухъ росабалъа ва тӏолго Дагъистаналъул цо-цо росабалъа имамзаби, гӏалимзаби ва гьединго мажлисалда гӏахьаллъи гьабизе бокьарал цогидалги. Гьарула вагӏзаби, цӏалула назмаби, бицуна Мусаласул гӏумруялъул, тарихалда ва гӏелмуялда гьес тарал лъалкӏазул, гьесул хӏикмалъабазул хӏакъалъулъ. Тӏаде рачӏаразда рихьизарула Мусаласул нахъе цӏунун хутӏарал тӏагӏел-алатал, гьесул квералъ хъварал тӏахьал. Гьеб кинабго цӏунун буго росдал мажгиталда. Ахираб кӏиго соналъ пандемиялъ рес кьечӏо росуцоязе гьеб берцинаб мажлис гӏуцӏизе.\nГьел ва цогидалги росдал тадбиразе квербакъи гьабулев росдал дибир, росуцоязул мугъчӏвалев хӏуби — Мухӏамад Такъигудиновасеги гьединго росдал администрациялъул бетӏер Гӏали Мухӏамадибировасеги кӏудияб баркала кьола росуцоязги тӏаде рачӏаразги. ИншаАллагь хьул буго бачӏунеб соналда, пандемиялъул балагьги тӏаса ун, рес ккелин цебе букӏахъе, гӏадатлъун билълъараб куцалда, садакъадул къоялдаса хадуб, берцинго гьалбалги къабул гьа- рун, исламияб мажлисги тӏобитӏизе. Жиндир баракатги шапагӏатги нилъее щваяв «Гӏелмудул ралъадги» ва «Гӏалимзабазул къутӏбуги» вукӏана дунял-гӏаламго жинда хӏайранав Къудукьа Мусалав. «Мусаласул къо» ккола росуцоял цолъиялъеги ва цогидал цадахъал ишазе квербакъиялъеги кьучӏлъун.\nГӏ. АСАДУЛАЕВА"}
{"slug": "13511-vaktsinadukh-sajig-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13511-vaktsinadukh-sajig-at", "title": "Вакцинадухъ сайигъат", "date": "2021-09-01 07:34:08", "categories": ["vakcina"], "text": "ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовас тӏобитӏараб данделъиялда хӏукму гьабуна 60-ялдаса цӏикӏкӏун сон барал ва вакцина гьабурал гӏадамал рази гьаризе.\nГьелда бан ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ лъазабуна «Вакцина гьабуралъухъ – подписка!» абураб акция. Гьелда гӏахьаллъана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерай экономист Сагӏидат Ахӏмаддибирова ва гьелъие сайигъат гьабуна миллияб газеталъул лъагӏалил подписка."}
{"slug": "13550-kovidal-khial-gabuleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13550-kovidal-khial-gabuleb-bugo", "title": "Ковидалъ хӏал гьабулеб буго", "date": "2021-09-03 08:15:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Коронавирусалда сверухъ республикаялда ахӏвал-хӏал жеги лъикӏлъун гьечӏо. Цӏакъ гӏемерав чи унтулев вугин баян кьолеб буго официалиял хъулухъаз. Сордо-къоялда жанив унтаразул къадар 150 чиясдаса цӏикӏкӏун буго. Мисалалъе, 30-31 августалда больницаялде ккун вуго 180 чи. Цо сордо-къоялда жаниб хун вуго 22 чи. Сахлъун къватӏиве виччан вуго 167 чи.\nАвгуст моцӏалда жаниб республикаялда коронаялъ хун вуго 475 чи. Гьеб ккола роол моцӏазда жаниб бищун кӏудияб къадар.\nРеспубликаялда коронаялъ кинавниги унтун вуго 47756 чи, сахлъун вуго 43099 чи, хвана 2022 чи. Цӏакъ пашманаб хӏал буго гьабсагӏат гьелъул рахъалъ республикаялда. Больницабазде гӏага-божарал ккарал чагӏаз бицунеб буго гьезие хӏажатал дараби ратулел гьечӏин абунги. Мисалалъе, Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб клиникаялъул больницаялда егун йигей гӏагарай гӏаданалъе дару гьениб батичӏого, жидецаго босизе кканин 38 азарго гъурщидеян бицана гьал къоязда пуланай гӏаданалъ.\n2020 соналъул ихдал букӏараб ахӏвал-хӏал, гьанже бугелда дандеккун «бертин» букӏанин абулеб буго жалго тохтурзабазги. Гьаб нухалда унтаразда гъорлъ гӏемер руго гӏолохъанаб ригьалъул гӏадамал.\nЦебеги лъазабун букӏахъе, бертаби, магӏирукъзал ва цогидалги дандеруссинал гьаризе гьукъун букӏанинги, гьелъул милат гьабулеб къанагӏат гурони гьечӏо. Гӏемерав чи данделъараб бакӏалда нусгоялда гьоркьов цо чи ватизе бегьула гьурмада маска ххурав. Гьедин буго гьабсагӏаталда республикаялда иш. Цӏодорлъи гьабеян абулеб буго тохтурзабаз. Амма бищунго лъикӏаб бугин киназго вакцина гьабуни. «Вакцина, вакцина, нахъеги вакцина», — ян буго щибаб къоялъ ахӏи балебги. Гьелъулъ гурони хвасарлъи гьечӏин бицунеб буго сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазги."}
{"slug": "13551-bagabi-bagabi-kida-nuzh-chielel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13551-bagabi-bagabi-kida-nuzh-chielel", "title": "Багьаби, багьаби, кида нуж «чӏелел»?", "date": "2021-09-03 08:20:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ пассажирал раччулеб транспорталъул компаниялъул бетӏергьаби мукӏур гьаруна, рекӏадухъ багьа бахинабичӏого тезе. 31 августалда, социалиял гьиназда хъвалеб букӏана, Махӏачхъалаялда хӏалтӏулеб СТС (Современная Транспортная система) абураб компаниялда ракӏалда бугин шагьаралда жаниб рекӏадухъ багьа 23 гъурщидаса 27 гъурщиде бахинабизе абун. Амма 1 сентябралда тахшагьаралъул мэриялъ баян кьуна жидеда кӏванин тӏадехун бицен гьабулеб компаниялъулгун къотӏи гьабизе ва заманаялъ багьа букӏараб къагӏидаялда тезе.\nНижеца цересел номеразда бицун букӏана, республикаялда автомобилазде тӏолеб хъахӏилаб цӏатариялъул багьа циндаго хиралъиялъул хӏакъалъулъги. 37 гъурщиде бахана газалъул цо литрадул багьа.\nГьелда тӏасан бриффинг тӏобитӏун букӏана дагьал церегӏан къояз «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда. Журналисталгун дандчӏвазе вачӏун вукӏарав ДРялъул Энергетикаялъулгун ЖКХялъул министр Ризван Мурадовас абуна, цӏатариялъул багьа бахиналъе гӏилла кканин гьеб хӏадур гьабулел заводазул гӏемерисел къан рукӏин. Гьенир ремонталъул хӏалтӏаби рагӏула унел. Гьединго, араб соналъ хасел Европаялъул пачалихъазда цӏакъго согӏаб букӏанин, гьебги кканин газ хиралъиялъе гӏиллалъунин бицана министрас. Амма багьа бахинабулел чагӏазда тӏадецуй гьабизе жидер рес гьечӏинги мукӏурлъана Р. Мурадов. Щайгурелъул гьел пачалихъалъул тӏалабазда гъоркье кколарелъул. Амма жидеца гьезулгун къотӏи-къаял гьарулел ругин, ноябрь моцӏалдехун бугониги газалъул багьа цебе букӏараб бакӏалде бачӏинабизеян бицана энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрас.\nАмма цо-цо шагьаразда рекӏаралъухъ багьа хиралъизе байбихьана республикаялда. Мисалалъе, Каспийск шагьаралда маршруткаялда рекӏаралъухъ гьанже кьезе ккола 20 гъурущ, букӏана 15 гъурущ. Багьа хиралъана гьаб ахираб анкьида жаниб. Гьединго социалиял гьиназда хъвалеб буго «БуйнакскМахӏачхъала» маршруткаялдаги багьа хиралъанин абун. 100 гъурущ букӏараб бакӏалда гьеб бахун буго 120-ялде.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "13552-sentyabrgi-roolab-bukiine-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13552-sentyabrgi-roolab-bukiine-bugo", "title": "Сентябрьги роолаб букӏине буго", "date": "2021-09-03 08:42:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хаслихълъи щунилан гьава-бакъалъул абизегӏанасеб хиса-баси ккезе гьечӏин бицана Республикаялъул гидрометеоцентралъул нухмалъулев Гӏабдулхӏалим Дадашевас информалатазе. Сентябрь моцӏги республикаялда хинаб букӏине буго.\n— Къад гьоркьохъеб температура букӏине буго 25-30 градус. Къаси-къаси — 18-20 градус, — ин абун Гӏ. Дадашевас. Цӏадалал къоял гӏемер рукӏинаро. Бищунго гьогьомарал къоял сентябралда рукӏине руго магӏарухъ."}
{"slug": "13553-g-izlyaral-ul-konyakgi-chiikiab-khiorgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13553-g-izlyaral-ul-konyakgi-chiikiab-khiorgi", "title": "Гъизляралъул коньякги Чӏикӏаб хӏорги", "date": "2021-09-03 08:47:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул тӏалъиялъ хӏадур гьарулел руго туристазе цӏиял маршрутал. Гьедин бицана туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министрасул ишал тӏуралев Эмин Мардановас.\nЦӏиял маршрутазда гъорлъе рачине руго Чӏикӏаб ГЭС, Гъизляралъул коньяк хӏадурулеб завод, Дербенталъул чогърол завод, Халкъазда гьоркьосеб Махӏачхъалаялъул аэропорт ва цӏорол завод."}
{"slug": "13554-khialig-un-barshchun-bugo-tsiibil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13554-khialig-un-barshchun-bugo-tsiibil", "title": "Хӏалигъун барщун буго цӏибил", "date": "2021-09-03 08:50:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Цӏибил бакӏаризе байбихьана республикаялда. Исана лъикӏаб бачӏин бакӏаризе ракӏалда буго цӏолбохъабазда. Кинабниги 22000 гектаралда бекьун буго цӏибил. Гьабсагӏаталда бакӏарун бахъана 2800 гектаралда бижараб нигӏмат. Араб соналда республикаялда бакӏарун букӏана 208000 тонна. Гьеб букӏана республикаялъул цӏолбохъанлъиялъул тарихалда босараб чӏел.\nДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъул нухмалъулесул заместитель Шарип Шариповас абуна, цӏолбохъанлъиялъул рахъалъ нилъер улкаялда къабул гьабураб цӏияб законалда рекъон, Россиялда чагъирин абизе бегьулин гӏицӏго нилъер цӏолбол хӏадур гьабу ралда. Цӏияб законалъ рес кьунин нилъер цӏолбохъанлъи цебетӏезабизе.\n— Россиялъул чогърохъабазул цӏибил гӏезабулел жидерго ракьал гьечӏелъул, гьезул киназулго кӏвар буссун буго нилъер республикаялде. Гьелдаса нилъги рази руго. Рази рукӏинарищ, ахирал соназда цӏолбол оптовияб багьа 18 гъурщидаса тӏаде унеб букӏинчӏелъул. Гьанже рес щвана ахикьанго гьеб нигӏмат 25-27 гъурщиде кило гьабун бичизе, — ян абуна Шарип Шариповас."}
{"slug": "13651-g-izilyurtal-ul-dolgostroyal-ran-l-ugiizegi-res-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13651-g-izilyurtal-ul-dolgostroyal-ran-l-ugiizegi-res-bugo", "title": "Гъизилюрталъул «долгостроял» ран лъугӏизеги рес буго", "date": "2021-09-10 09:44:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Гъизилюрталда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас хал гьабуна 2008 соналдаса нахъе балеб бугеб шагьаралъул больницаялъул, стадионалъул ва кьодул, гьединго щвана цо предприятиялде ва гара-чӏвари гьабуна гӏадатиял гӏадамазулгун.\n13 соналъ балеб бугеб больница лъугӏизегӏан шагьаралдасаги сверухъ ругел хъутабаздасаги унтарал сах гьарула некӏого жагъаллъараб, басрияб больницаялда.\nМеликовасда бихьана 1987 соналда бараб шагьаралъул кьоги къачӏазе кколеб хӏалалда букӏин. Больницаго гӏадин, бан лъугӏулеб гьечӏо Гъизилюрталда стадионги. Документация рукӏалиде ккезабун гьечӏолъиялъ 2010 соналда чӏезабун буго гьенибе биччалеб гӏарац.\nМеликов щвана «Юг-Спецгидроэнергомонтаж» абулеб предприятиялдеги. Гьелъ къватӏибе биччалеб буго ГЭСазе, насосазул станциязе, кьоязе хӏажатаб къайи.\nХадув гьев гӏенеккана гӏолохъанал хъизаназухъ. Гьел рази гьечӏоан жидее балеб бугеб гӏемертӏалаяб мина рагӏалде бахъунгутӏиялдаса. Сергей Меликовас рагӏи кьуна гьелъиеги церехун рехсарал объектазеги республикаялъул бюджеталдаса гӏарац балагьизе."}
{"slug": "13653-dun-khekko-tiagiine-vachiarav-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13653-dun-khekko-tiagiine-vachiarav-gechio", "title": "«Дун хекко тӏагӏине вачӏарав гьечӏо»", "date": "2021-09-10 09:55:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Анлъабилеб сентябралдаса байбихьун республикаялда унел руго «Хъахӏал къункърабазул къоял» абураб Р. Хӏамзатовасул цӏаралда халкъазда гьоркьосеб литературияб фестиваль.\nИсана гьеб тадбир тӏобитӏулеб буго 35-абилеб нухалъ. Кӏудияв шагӏир гьавуралдаса исана тӏубала 98 сон. Фестивалалъул тӏоцебесеб къоялъ гьалбал щвана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалде, 51 соналъ Расулица нуцӏа рагьараб ва къараб, гьесул кабинеталъуб бугеб музеялде.\nНахъисеб къоялъ, 7 сентябралда, «Дагъистан» РГВК каналалда тӏобитӏараб «гургинаб столалдаги» гӏахьаллъана гьалбал.\nЩвана гьел «Россия — дир тарих» музеялде, дандчӏвана ДГУялъул студенталгун ва мугӏалимзабигун.\nШагӏир гьавураб къоялъ, 8 сентябралда, киналго рахана Таргъу магӏарда бугеб Расулил хабаде, сагӏат ичӏгоялда Гӏурус театралда цебе бугеб гьесул памятникалда цере тӏугьдулги лъун, киналго къокъана Ленинил комсомолалъул цӏаралда бугеб ахикье.\nРеспубликаялъул хӏукуматалъул рахъалдасан кӏалъай гьабуна вицепремьер Муслим Телякавовас. 2023 соналда Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубай кӏодо гьабизе буго тӏубараб улкаялдаго. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана Муслим Телякавовас дагьаб гӏатӏидго. Президент Владимир Путиница хас гьабун гьелда хурхун бахъараб указалда гъоркь гъулги басун буго. Гьеб указалда рекъон, 2023 сон лъазабун буго Хӏамзатовасул лъагӏеллъун. Улкаялъул киналго регионазда тӏоритӏизе руго Расулил хӏурматалда дандеруссинал. Ниж тӏадчӏун хӏадурлъулел ругин гьеб тадбиралдеян бицана М. Телякавовас.\nХадув кӏалъазе вахъана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Николай Иванов. Нилъер республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовасулги букӏана лъикӏаб кӏалъай. Хъахӏал къункърабазул сипат цебе чӏезабулеб ретӏа-къайгун школлъималаз бихьизабуна берцинаб кьурди.\nРасулил къоялде Махӏачхъалаялде рачӏун рукӏана Башкириялдаса, Сириялдаса, Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса гьалбал. Данделъи биххун хадуб «литературияб Махӏачхъалаялда» свери бахъизеги ана гьел киналго.\nГьединго микьабилеб сентябралда Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Николай Ивановгун дандчӏвана республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги.\nДандчӏваялда гӏахьаллъи гьабуна Мухӏамад Ахӏмадовасги, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги.\nРасул Хӏамзатовасул гьунаралъул тӏадегӏанлъиялъеги, мегӏергӏан борхатаб гьесул поэзиялъеги кӏудияб къиматги кьун, Сергей Меликовасги бицана 2023 соналда кӏодо гьабизе бугин шагӏирас 100 сон баялъул юбилей.\nГьес абуна хӏисабалде росичӏого тарал цо-цо жалги хутӏун ругин гьеб тадбиралда хурхун ва гьездеги кӏвар кьезе бугин. Мисалалъе, Москваялда Расул Хӏамзатовасул юбилеялъул хӏурматалда «Дагъистаналъул анкь» абураб тадбир тӏобитӏани лъикӏаб букӏинаанин. Гьединго кӏудияв шагӏирасул юбилеялда хурхун тадбирал гьаризе бегьулин къватӏисел пачалихъаздаги.\nГӏурус театралда, Расулил памятникалда цебе лъай-хъвай ккана дир Калугаялдаса гӏолохъанай шагӏир Фериде Ибрагьимовалъулгун. Гьелъул умумул ккола Сулейман-Стӏал районалдаса. 40 соналъ цере гочун руго гьел гӏурус ракьалде. Фериде гьаюна ва гӏуна Калуга шагьаралда. Анлъго сон баралдаса нахъе хъвалел руго гьелъ кучӏдул. Цӏакъ бокьулеб буго гьелъие поэзияги Расул Хӏамзатовасул творчествоги. Кӏудияв шагӏирасул хӏурматалда тӏобитӏулеб тадбиралде щвезелъун ячӏанин жий ватӏаналдеян бицана Феридеца.\nКалугаялда гьелъ гӏуцӏун буго литература бокьулел гӏолилазул къокъа. Гьединго интернеталда «Ютуб-каналалдаги» рагьун буго гьединабго канал. Расулил кучӏдул жинца гьенисан цӏалулин абуна гьелъ.\nГьей ккола Москва шагьаралъул Хъвадарухъаби-таржамачагӏазул союзалъулги, Профессионалиял литераторазул союзалъулги вакил. Миллияб ретӏелги ретӏун ячӏун йикӏана гьей Расулил памятникалда цере тӏугьдул лъезе.\nКӏудияв шагӏирасул хӏурматалда тӏоритӏулел тадбирал халат рахъине руго 10 сентябралде щвезегӏан. Хъвадарухъабазул кӏудияб къокъа щвезе буго Дербенталде, Гъунибе ва гьединго шагӏирасул ватӏан Хунзахъегун Цӏада росулъе.\nГьелъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго газеталъул хадусеб номералда.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "13654-milliyal-matsiazul-k-varidab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13654-milliyal-matsiazul-k-varidab-k-ismat", "title": "Миллиял мацӏазул къваридаб къисмат", "date": "2021-09-10 10:08:22", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиев дандчӏвана республикаялъул миллияб прессаялъул ва телевидениялъул хӏалтӏухъабигун, шагӏирзабигун, хъвадарухъабигун, мацӏазул гӏалимзабигун.\nЖиндирго кӏалъаялда гьес кӏвар буссинабуна миллияб пресса цебетӏеялъе ратулел ругел ресазул бициналдеги, Дагъистаналъул мацӏазул адабият цебетӏеялдеги, рахьдал мацӏал цӏуниялдеги. Данделъиялда гӏахьаллъарал ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Зикрула Ильясовас, мацӏалъул ва адабияталъул гӏалимзаби Мухӏамад Мухӏамадовас ва Ахӏмад Муртазагӏалиевас бицана рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб пашманаб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n— Шагьаразда, хӏатта районаздагицин киса-кирего къватӏисел пачалихъазул мацӏазда чӏварал игӏланалги, росабалъгицин гӏурус мацӏалда тӏоритӏулел тадбиралги – гьеб киналъго бицунеб буго рахьдал мацӏазул букӏинеселъул нилъ рохизесеб хӏал гьечӏолъиялъул, — ян абуна З. Ильясовас.\nЖакъа цебе тӏолеб буго миллияб литература. Гьелдаго цадахъ чӏаго гьабизе къваригӏун буго таржамачагӏазул школаги. Нилъ ургъизе ккола гӏурус мацӏалде руссинарурал асарал рахъизесеб бакӏалда тӏадги. Гьелъие кварбакъилаан «Литературияб Дагъистан» журнал гӏурус мацӏалда биччаялъги, — ян абуна Мухӏамад Ахӏмадовас.\nИЯЛИялъул гӏалимчи Мухӏамад Мухӏамадовас бицана районазда ва росабалъ рахьдал мацӏазда рачаниги бегьулел тадбирал гӏурус мацӏалда рачунел рукӏиналъулги, гӏун бачӏунеб гӏелалъе гьеб гьуинлъиялъе гьабулеб хӏалтӏи гьечӏолъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьелъие лъикӏаб мисаллъун гьес бачана СулейманСтальск районалъул бетӏерас ДГУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда цӏалулел ругел студентазе пачалихъалъ кьолелде тӏадеги стипендия кьей. Жидедехунги жидеца тӏаса бищараб махщалидехунги бугеб гьединаб бербалагьиялъ гӏолилазул гъирашавкъ цӏикӏкӏинабула, — ян абуна гьес.\nИЯЛИялъул гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас кӏвар буссинабуна ахираб лъеберго соналда жаниб магӏарул мацӏалда Хӏамзатил Расулил тӏахьал риччан гьечӏолъиялде. Кӏалъазе рахъараз бицана республикаялда тӏобитӏизе бугеб «Хъахӏал къункърабазул» байрамалъул хӏакъалъулъги. Гьеб цӏигьабизе, гӏолилазе дагьабги интерес кколедухъ гӏуцӏизе ккеялъул бицана Кавказалъул шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул клубалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулей Миясат Муслимовалъ.\n— Дие бокьилан гьеб байрамалъул багьаги магӏнаги жакъасел гӏолилазда дагьабги лъикӏ бичӏчӏизе. Гьеб хӏалтӏи гьабизе ккола байрам гӏуцӏулез, ай гӏолилазул гӏахьаллъи гьениб букӏунеб хӏалалда, — йилан абуна гьелъ.\nДанделъиялда кӏалъарай Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялъул бетӏерай редактор Лариса Голубевалъ бицана издательствоя лъул хӏалтӏул, къватӏире рич- чалел тӏахьазул ва дандчӏвалел квекӏеназул хӏакъалъулъ.\nДандеруссиналъул ахиралда Гӏумаргӏусман Хӏажиевас абуна кӏвараб жигар бахъизе бугин данделъиялда рорхарал суалал гӏумруялде рхъинариялъе ресал ратиялъе.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "13655-k-unk-rabazulgun-k-o-l-iki-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13655-k-unk-rabazulgun-k-o-l-iki-gabuna", "title": "«Къункърабазулгун» къо-лъикӏ гьабуна", "date": "2021-09-10 10:15:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏелмиябгун сах гьариялъул мурадалда рагьараб «Журавли» комплексалъ медиказегун гӏалимзабазе лъазабураб акция ахиралде щвана.\nИсана кӏиабилеб сон букӏана гьеб тӏобитӏулелдаса. Комплексалъул бетӏергьан Шангъодаса Мухӏамад Мухӏамадовасул ресалдаса чӏобого гьениб сахлъи щула гьабуна нилъер улкаялъул щибаб регионалдаса гӏадамаз. МГУялъул профессорги физикаялъулгун математикаялъул гӏелмабазул докторги ккола гьев.\nГъоркьисала «Журавли» комплексалда хӏухьбахъи гьабуна «красная зонаялда» хӏалтӏарав 623 медикас, исана — ункънусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс.\nГьединаб акция Мухӏамад Мухӏамадовас байбихьун букӏана жиндирго эбел кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ Гъуниб районалда тохтурлъун хӏалтӏулей йикӏиналъ (гьелъ гьарун бугоан васасда ковидалда данде рагъ барал тохтурзабазе хӏухьбахъизе ресал чӏезареян). Исана гьес гьенире ахӏана лъай кьеялъул системаялдаса вакилзабиги, щайин абуни жиндирго эмен учительлъун хӏалтӏулев вукӏун.\nХадусеб нухалда гьел гӏалимзаби, медикалго гӏадин, гӏемер ахӏизе ругин санаториялдеян бицана М. Мухӏамадовас. Гьесул пикруялда рекъон, жеги букӏине кколеб куцалда къимат кьун гьечӏо гӏалимзабазе:\n«Zoom-алдасан лекциялги цӏалун, тӏубарал моцӏаз рокъоса къватӏире рахъине рес гьечӏого руго профессорал. Гьединлъидал гьезиеги реабилитация хӏажат буго».\nАкциялъул координатор ккола цеве ДРялъул бетӏерасул управлениялда хӏалтӏарав Гӏалибег Гӏалиев. Гьес бицана жинца валагьулев вугила хадубккунги гьеб иш халат бахъинабизе рес бугев гӏадав чи, амма жеги ватулев гьечӏила. Масала, РФялъул Пачалихъияб Думаялде, ДРялъул Халкъияб Собраниялде кандидатураби лъурал дагъистаниял.\n«Дица гьезда абуна нуж рукӏунин халкъалъулгун бухьен кквезе кколилан бицунел, гьедин батани, рачӏайинха «Журавли» комплексалда хӏухьбахъулеб халкъги бихьизе, гьездаса унти бахунарилан. Гьебали гьанир ковидалъ унтарал тохтурзаби сах гьарулел рагӏулилан къватӏул харбалги риччан рукӏана, гьединлъидал уборщицабилъун хӏалтӏизегицин рачӏунел рукӏинчӏо гьанире цо заманалда гӏадамал.\nПалхӏасил, халкъалъулгун бухьеназул хӏакъалъулъ чӏахӏи-чӏахӏиял харбал рицунел кандидатазул цонигияс рахъкквечӏо гьаб акциялъул», — ин бицана Гӏалибег Гӏалиевас.\nГьезие мисаллъун Гӏалиевас рехсана гьеб комплексалъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугев миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ ДРялъул министр Энрик Муслимовги, Махӏачхъалаялъул кӏиабилеб больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Имангӏалиевги, цогидалги.\n«Пандемиялъул заманалда нилъеда рихьана гӏадамазул къуваталги загӏипалги рахъал. Гьедин гьаб комплексалъул бетӏергьан Мухӏамад Мухӏамадовасги загьир гьабуна жиндир бищунго сахаватаб гӏамал», — ин абуна Энрик Муслимовас.\nМухӏамад Имангӏалиевас абуна жинда жеги рагӏичӏин нилъер улкаялда гьединав меценат цойги вугевищали – кӏиго соналъ тӏатӏалаго чӏорого медикал къабул гьарулев. Гьединлъидал улкаялъулги республикаялъулги медицинаялъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан Мухӏамад Мухӏамадовасе ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьес.\nГьаб нухалда гьеб комплексалда сахлъи щула гьабурал Россиялъул регионаздаса тохтурзабазда гьоркьор руго Мытищи шагьаралъул больницаялдаса тохтурзабиги. Гьенив бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏулев вуго нилъер республикаялдаса чи (Мухӏамад Мухӏамадовасулги гьудул-гьалмагъ). Гьесул заместитель Сергей Якушевас бицана жидеда цадахъ хӏалтӏулел ругила Гъизляралдасаги Буйнакскиялдасаги тохтурзаби. Гьезул гӏагарлъиялъги гьудул-гьалмагълъиялъги жидее гьаниб кӏудияб гьоболлъиги гьабунила, тарихиял бакӏалги рихьизарунила.\nТӏадеялъул гьеб акция халкъазда гьоркьосеблъун лъугьинеги рес буго. Гьедин бицана Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьединаб пикруялде вачӏун вуго гьев дунялалъул цогидал улкабазда ругел лъале-хъвалезги гьудул-гьалмагъзабазги гьесухъе рачӏарал кагътаздаса хадуб.\nАкциялъул ахиралда комплексалда хӏухьбахъаравщинав чиясе рикьана Баркалаялъул кагъталги.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "13657-209-azargo-tonna-tsiolbol", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13657-209-azargo-tonna-tsiolbol", "title": "209 азарго тонна – цӏолбол", "date": "2021-09-10 10:38:50", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьабсагӏаталда бугеб ахӏвал-хӏалалда рекъон, исана Россиялда бакӏаризе ккола могьолал культурабазул 127,4 млн. тонна, гьелдаса 84 млн. ккола ролъ. 93,7 азарго гектар гӏатӏилъиялдаса Дагъистаналда бакӏарана могьолал культурабазул 212 азарго тонна (2020 соналдаса 3 проценталъ цӏикӏкӏун).\nГъоркьиса бакӏарун букӏана пиринчӏалъул лъабазарго тонна, исанасеб бачӏин гьелдаса цӏи кӏкӏине ккола.\nЦӏибил бакӏаризе буго 22 азарго гектар гӏатӏилъиялдаса, гӏагашагарго 209 азарго тонна (гъоркьиса букӏана 208 азарго тонна), гьанжелъизегӏан бакӏарана 38 азарго тонна.\nИсана республикаялда бакӏарана ахбазаналъул 20 азарго тонна, гьелъул лъабго бутӏа гьабун кӏиго бутӏа ана Дагъистан тун къватӏибе.\nИсана бакӏарана каридул 9 азарго тонна, гъоркьиса бакӏарун бу кӏана 6 азарго тонна.\nАхазул гӏаммаб гӏатӏилъи бахуна 28,9 азарго гектаралде, гьездаса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолезул.\nТеплицаби руго 620 гектаралъул гӏатӏилъиялда, 7 соналда жаниб гьел кӏодолъана 100 нухалъ."}
{"slug": "13659-zakhimal-i-giurab-giarats-dagab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13659-zakhimal-i-giurab-giarats-dagab", "title": "Захӏмалъи гӏураб, гӏарац дагьаб", "date": "2021-09-10 10:40:50", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гӏемераб къварилъи бихьаразда гьоркьор рукӏана калмыкалги. 1944 соналда гьел гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде, Казахстаналде. «Эркенлъараб» ракьазул цо бутӏа, халатаб заманалъул ижара хӏисабалда, кьуна мадугьалихъ ругел регионазе, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъухъеги (85 азаргогӏанасеб гектар). 1957 соналда калмыказе жидерго Ватӏаналде тӏад руссине ихтияр кьуралдаса нахъеги, заманаялъул къотӏи-къаялги гьарун, гьел тана нилъеда хадур. Советияб заманалда доба букӏана нилъер гӏемерал районазул гӏи, гӏуцӏана хъутаби. Хадубккун ахӏвал-хӏал дагь-дагьккун байбихьана хисизе, калмыказ борхана гьел ракьал тӏуранго жидехъ рукӏине ккеялъул хӏакъалъулъ суал. Амма къабул гьарурал цӏиял къотӏи-къаяз гьеб хӏал хӏалуцине биччалароан, кин бугониги, анцӏго сон ана гьел бетӏергьабазухъе кьуралдаса. Ракьал нилъедаса аниги, нилъер гӏезегӏан гӏияхъаби хутӏана дора, росун ижараялъе ракьалгун руго хӏалтӏулел. Гьединазул цояв ккола ижараялъе 3000 гектар ракьулги босун, 1300 лемагги 50 чӏегӏерхӏайванги хьихьун Лаганский районалда хӏалтӏулев вугев Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Арсланбеков Гӏабдулмажид. Гьал къоязда редакциялде щун вукӏарав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Киназдаго лъала Чӏикӏаб ахихъабазул росу букӏин. Мун гӏияде кин машгъуллъарав?\n— Магӏишатияб рахъалъ нижер росдал гӏадамазул цо бутӏа буго ахихъаби, цогидал ккола шоферзаби, лъабабилел — гӏияхъаби. Нижер умумулги гӏухьби рукӏана, гьединлъидал дицаги тӏаса бищана гьеб пиша.\n— Гьеб лъабабго бутӏаялда гьоркьоб бищун пайдаяблъун рикӏкӏунищ дуца гӏияхъанлъи?\n— Кутакалда битӏун букӏина гьеб бищун захӏматаб бугин абуни. Ругьунаб букӏиналъ гьабулел рукӏун гурони, гӏемерисеб заман авлахъазда тӏамулеб вехьасул хӏалтӏи бокьа-бокьараз тӏаде босулеб иш гуро. Амма гьитӏинго босараб махщел, кигӏан захӏматаб гьеб батаниги, духъ хутӏулеб буго гӏумруялъго. Тун гӏигун цо заманалда дун жуван вукӏана бизнесалде. Гӏезегӏан лъикӏ унеб букӏана магӏишатги, амма ракӏ цӏана гӏияде.\n— Росулъ гӏигун вукӏарав мун гьебго магӏишат гьабизе Калмыкиялде гочиналъе щиб хӏажалъи ккараб?\n— Хасалил хӏаримал руго дора лъикӏал, гӏи-боцӏуе пайдаял. Доба гьечӏо нилъер гьаниб бугеб гӏурччинлъи, хер буго дагьаб, мукъсанаб, амма кигӏан дагьаб бугониги гьелъул пайда буго гӏемерго тӏадегӏанаб. Доба кутакаб ракъдаллъи букӏиналъ цо соналда дица гӏи бачун букӏана Бабаюрт районалде. Амма жо ккечӏо, гьенир дида дандчӏвана гӏияе захӏматал унтаби ва бачун гӏигун дун нахъе ине ккана.\n— Кинха мун дова къабул гьавурав, кин кӏвараб гьеб ракь ижараялъе босизе?\n— Кӏиябго регионалда гьоркьоб хъван букӏараб къотӏи-къаялда рекъон, ижараялъе ракьалги росун, нилъер гӏемерал магӏишатазул хӏалтӏи тӏубалаан доба, нижер совхозалъул кинабго гӏиги, Гъизилюрталдасан поездалдаги лъун, гочинабулаан добе. Колхоз-совхозалги риххун, гӏиги дагьлъун букӏиналъ батизе бегьула, чанго соналъ цебе киналго ракьал ана нахъе росун ва 49 сонил болжалалда, ижара хӏисабалда, гьел кьуна бакӏалъулал гӏадамазухъе. Дора гӏурал, дозул гӏамал-хасият лъалеб букӏиналъ нижее кинабгӏаги къварилъи букӏинчӏо субарендаялъ (ижараялъул цо къагӏида) гьезухъа хӏажатаб ракь босизе. Нилъер гьаниб (Кочубей-Бабаюрт зона) ракь киназего гӏоларого букӏиналъ ижараялъе кьола 100, 200, 300 гектар. Дозул буго цӏакъ гӏемераб ракь, гьединлъидал кьолеб ракьалъул рикӏкӏенги бахуна чанго азарго гектаралде. Гьедин, азарго гектаралъухъ 150-200 азарго гъурущ хӏисаб гьабун, дица ижараялъе (субаренда) босана 3 азарго гектар.\n— Дур буго гӏезегӏан кӏудияб магӏишат, кумекалъе щал рукӏунел?\n— Хӏалтӏизе вехь щвей жакъа ккун буго цӏакъго захӏматаб масъалалъун. Цере рукӏарал хӏалбихьи бугел, хӏалтӏи лъалел гӏухьбиги херлъана, гӏолохъанаб гӏелалъеги бокьун гьечӏо гӏияда аскӏоре къазе. Кин бугониги, хӏажатал хӏалтӏухъаби ралагьула дорасаги нилъерго гьанисаги. Добаго багъилаб бакӏ балагьун, лъугьараб ахӏвал-хӏалалда санагӏат рекъезабун гурони гӏи нижеца кибего гочинабуларо. Техникаги гӏемер къваригӏунаро, ГАЗЕЛалъ тӏубала кинабго.\n— Дур унеб харжги, бихьулеб захӏматги ва гӏезарурал нигӏматал ричун щолебги данде босани, мун разияб хӏасил букӏунищ?\n— 5-6 лъагӏелалъ цебеги гьеб рахъалъ гӏемерго мадар букӏана, гьанже кинабго къойидаса-къойиде хиралъулеб буго. Нижеца бичулелъул багьа гьабин абизе гӏураб гьечӏо. Гьединлъидал захӏмалъулеб буго, кигӏан яхӏ бахъаниги, гӏадатияб гурони хайирги щолеб гьечӏо. Масала, дица босулеб кӏалцӏул багьа бахун буго 17 гъуршиде. Цӏадал рараб, авлахъазда лъикӏаб хӏал бугеб соналда гьеб хӏажалъуларо. Амма ккола заман цо чахъдае къойил килограмм кӏалцӏул кьезе ккарабги. Цоялъул 200-250 гъуруш хӏисаб гьабун, гъоркьиса дица босизе ккана харил 1000-гӏанасеб танг. Гьебго заманалда чахъдал гьанал кило буго 250 гурщиде, кьагӏрил — 340 гъурущ. Квасул къиматго гьечӏо. Исана дие щвана 3 тонна квасул, гӏицӏго бакӏ эркен гьаби, хвезе течӏого букӏин мурадалда дица гьеб кьуна 3 гъурщиде килограмм хӏисаб гьабун. Гьеб буго вехь тӏуванго хӏакъир гьавулеб багьа.\n— Мун разияб хӏал букӏине ккани, щиб багьа букӏине кколеб?\n— Мисалалъе, гьан кьуни 400 гъурщиде, базаралда гьелъул багьа бахуна 600-700 гъурщиде. Амма гьедин кьечӏони, диеги гьечӏо гьелъул пайда. Кӏиго-лъабго соналъ цебе нижер добасаги квас унаан Китаялде, гьелъул багьа бахун букӏана 200 гъурщиде. Берцинаб хӏалалда хӏалтӏи гьабизе ккани, киналъулго хӏисаб гьабун, гьелъул багьа гьабсагӏаталда букӏине кколаан 500 гъурщидаса дагь гьечӏеб.\n— Чӏегӏербоцӏи сундуе дуца хьихьулеб?\n— Доб буго калмыказул гьаналаб тайпа, рахьдае хьихьун гьезул пайда букӏунаро, гьел речӏчӏизе кумекги щоларо. Ричула бачал. Хасало нилъер гӏадамал рачӏуна гьел росизе ва гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечӏо.\n— Хӏалтӏи гьабизе гӏияхъанасе добайищ бигьаго бугеб яги гьанибищ?\n— Дагъистаналда захӏмат буго. Щайгурелъул нилъер гьаниб гӏи гочинабун хьихьулеб букӏун. Гьеб къагӏида хӏалтӏизабичӏого ресги гьечӏо. Россиялда нилъергӏан халатаб нухлул манзилги кибго гьечӏо. Кочубеялъул зонаялдаса мугӏрузде буго 250-300 километр. Хӏисаб гьабе, гьеб нахъа толаго вехьасда бихьулеб захӏмалъиялъул.\n— Фермер хӏисабалда къарзалъе гӏарац босизе кканищ, пачалихъалъул рахъалдасан кумек щолищ?\n— Къарзалъе гӏарац босичӏо, босизе ракӏалдаги гьечӏо. Субсидия хӏисабалда, цо чахъу рикӏкӏун пачалихъалъ кьола 100 гъурущ, тӏокӏаб кьолеб-толеб жо гьечӏо.\n— Дур буго 58 сон. Хӏалтӏана, гӏела, тана гьаб захӏматаб хӏалтӏийин абун ракӏалдего кколищ?\n— Гьанже кӏолеб гьечӏо цебе гӏадин хӏалтӏизе, гьечӏо сахлъиги. Гьал ахирал соназда доба букӏана ракъдаллъи, беразда цебе ракь сверулеб буго салул авлахъалде. Гъоркьиса цониги нухалъ бачӏо цӏад, исанаги жеги бачӏо. Доб соналъ гӏезегӏан гӏи унтана, хвана, инсанас киб гурин, гӏи-боцӏуца хӏехьолеб хӏал лъугьунеб гьечӏо. Гьединлъидал дирги пикру ккана дагьдагьккун росулъе тӏад вуссине.\nБатӏияб гьабизе дун ругьунлъун гьечӏелъул, гьанивги вукӏинин кко- ла гьабго магӏишаталда.\nКалмыкиялъул ракьалъул гӏатӏилъи буго 75 азарго кв.км. (Россиялда 42-абилеб бакӏ). Гьениб гӏумру гьабула 290 азаргогӏанасев чияс (Россиялда 80-абилеб бакӏ). Гьезул 4 процент ккола магӏарулал ва даргиял. Республикаялъулгун гӏаммал гӏорхъаби руго Волгоград, Астрахань ва Ростов областазул, Ставрополь краялъул, Дагъистан республикаялъул ва Каспи ралъдал. Гьелъул тахшагьар ккола Элиста (105 азарго чи).\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "13661-l-uk-a-k-otiarab-giadat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13661-l-uk-a-k-otiarab-giadat", "title": "Лъукъа-къотӏараб гӏадат", "date": "2021-09-10 11:20:07", "categories": ["obshestvo"], "text": "Коронавирусалъ циндаго хисизабураб кӏудияб дунял, къаси-къалъи гьечӏого цивилизация гӏуцӏулеб инсанияталда цебе лъунщинаб масъала. Макьилъгицин бихьани хӏикмалъулеб хӏалалъ хисараб гӏумруялъул гӏуцӏиялде ругьунлъизе ккун руго нилъги.\nРосдал гьоцӏиб сухӏмат, сухӏматул горсверулъ хьвадулаго ахӏулел кучӏдул, гӏолохъабаз ирга далъ цоцахъе бегьулеб тӏамур, ясазул сверулъа биччалеб бакъан. Цебесеб бертадул тартиб тӏубан цебечӏезабизецин кӏочонеб буго нилъеда. Бахӏарав викъи, бахӏарай яхчи, гӏакӏа къотӏи, лъидаго рихунареб махсара, гьарзаго чед, бахъухъгун натӏухӏ, гьангун гьагӏу — рихьдае гӏоло гӏуцӏичӏеб тепси. Заманаялъул гьураз лъукъа-къотӏун шагьаралъул банкетазул залазде гочун букӏана гьеб, росдаего рохел кьолеб гьайбатаб гӏадат. Кигӏан гӏемерал ругониги, банкетазул залалги кквезе ккола гъоркьлъалие гӏарацги кьун, чанго моцӏалъ цебеккунго.\n«Хӏатӏикь дарай тӏаме, васасул эбел…»\nЦогидал рахъалго гӏадин, заманаялъ хисизабуна бертин тӏобитӏиялъул къагӏидаги. Дагьал соназ цебеги рикӏкӏунаан эстрадаялъул машгьурал кочӏохъаби гӏахьаллъараб бертин бищунго цӏакъаблъун. Жидер берталъ Махаева йикӏанила, Кристина, Хӏажилав рукӏанилан бицунаан цӏаруе. Гьал ахирал соназ бертин гӏуцӏулаго цогидаб рахъалде кьезе байбихьана кӏвар — цӏакъаблъун рикӏкӏунеб буго миллияб къагӏидаялъ ретӏакъарал гӏадамал гӏемераб бертин. Гьеб рахъ бечед гьабула жидерго росу-ракьалъул маданияталъул гьунарчагӏаз, фольклоралъул коллективаз.\nЦо-цо гьанжесел бертабалъ рагӏула церегӏан соназ бахӏаразулъ ахӏулел рукӏарал кучӏдулги:\nВай, нижер бахӏарав, нижер бахӏарав,\nРосу данде къалев гӏарцул къадиро.\nИсхъалидулъ гӏурав, гӏарцулъ хьихьарав,\nЛочнол бусадаса хоно босарав…\n****\nВай, нижер бахӏарай, нижер бахӏарай,\nНодо маргъалулай, гъал меседилай.\nЧоде яхунелъул эбел гӏодарай,\nГӏодой рещтӏунелъул якьад йохарай.\n«Дагьал цӏекӏлъулел гьечӏищ?»\nХъизаналъул бетӏерлъуда рос вукӏунин рикӏкӏаниги, гьанже бертин ва хвел нухда бачиналъул иш руччабазе бокьухъе букӏунеблъиялъе мукӏурлъула жалго бихьиналгицин. Исана риидал банкетазул залал къай кӏудияб масъалалъун лъугьана ригьнаде хӏадурлъулезе. Цӏиял гӏорхъичӏваяз бертин тӏобитӏиялъе батӏи-батӏиял нухал ралагьизе тӏамуна гьел.\nХадижат, социалияй хӏалтӏухъан:\n«Росас жиндирго багьаяб машинацин бичизе ккана исана васасул бертин гьабизе гӏарац гӏечӏого. Банкетазул залал къаян абун хӏукуматалъул лъазаби баккараб заман букӏана гьеб. Цӏакъго багьаяб залги ккун букӏана нижеца. Жеги гӏезегӏанго тӏадеги кьезе ккана гьенибе. Законалда дандеги чӏун, жидее хӏинкъигун биччалеб бугин нужер бертинин гӏиллаби ратана залалъул бетӏергьабаз. Тӏадбан сухӏмат унеб заманалъ рачӏана халгьабулел идарабазул гӏадамал, гьезиеги гӏарац кьезе ккана. Росасе росулъ тӏубазабизе бокьун букӏана васасул ригьин, дунго данде чӏана гьесда. Цӏакъ рекӏекълъана».\nМариям, лъималазул тохтур:\n«Цо роценго гьечӏеб, гӏорхъолъа араб буго нилъер гӏадамазул бертин ва цогидаб тадбир гьаби. Къец бан, цоцаздаса бергьине хӏаракат бахъулеб буго сундулъго. Роддомалдаса лъимер къватӏибе бачиналъул тӏубараб церемония буго, ургьибго лъимер васищ-ясищали лъарабгоцин байрам-хӏисабалда буго халкъалда рагӏизабулеб. Бертабалъ кӏалъазе рахъунезул рецц-бакъалъул гӏемерлъи. Лъиего кеп щоларел, кӏалъанго бажаруларелги гӏадамал цере ахӏун чӏамучӏ гьабула. Магӏарулазул бертабалъ букӏараб гӏадатцин гуро гьеб. Цӏакъго бажари бугев тамадаяс нухда бачунеб, магӏнаялда гӏуцӏараб бертадул сурат рекӏелъ хутӏула, хутӏараз бетӏер унтизабула.\nХирапатӏимат, юкъарухъан:\n«Ригьин гьабиялъул цӏакъго гӏорхъолъа рорчӏарал гӏадатал раккун руго. Ясалъул рагӏи щвей, баргъич бай, чумадан кьей кӏодо гьабун тӏубараб бертин гӏадаб жо гьабулеб буго банкетазул залазда. Аскӏосеб гӏагарлъи гьенире чӏорогоял квералгун ине бегьуларо, кигӏан рес гьечӏезги кьезе кколеб буго гӏарац. Цоги жоялде регӏулеб хӏал гьечӏо, налъукье лъугьунги бер- табазул «намус» тӏубазабулаго щибго нахърател хутӏулеб гьечӏо нижерго лъималазе ригьин гьабизе. Дагьалниги гъурщал тӏокӏлъилародаян ниж Дагъистаналдаса Москваялде гочана. Доба гӏумру гьабулаго бихьулеб буго нилъер гӏадатазул тӏасанккей».\nГӏарац чвантинибго хутӏана\nХӏалимат, мугӏалим:\n«Августалъ вацасул васасе ригьин гьабизеян лъикӏаб зал ккун букӏана нижеца, хасалого гъоркьлъалие гӏарацги кьун. Бертаби гьукъараб мехалъ гьабизе дарман лъугӏун рукӏана. Цӏикӏкӏаразул гӏакълуги гӏадахъ босун, росулъ гьабуна бертин. Бицун божиларо, киналго рази хутӏараб куц. Рокъоб гьитӏинабго мавлид ахӏана, тӏабигӏаталъул гӏатӏилъуде рахъун сухӏматги гьабуна. Росуго чӏаголъанин рукӏана хараби роххун. Банкетазул залалда къваригӏуна цӏакъго чӏухӏараб ретӏел, цо берталъ ретӏун би- хьараб цогидалъубе ретӏине бокьуларелъул. Гье- динго, тӏабигӏаталда хӏажалъуларо гъол чӏухӏун къачӏарал кьер-кьерал, багьа хириял нигӏматал. Хӏасил- саламатаб гӏарац чвантинибго хутӏана. Тӏабигӏаталда бертин гьабиялдаса пашманлъарав чи дандчӏвачӏо исана. Магӏарухъ гӏумру гьабулел рукӏана аман гьарун банкеталъул залал цӏехон шагьаразул рагӏаллъаби сверулел, шагьаралда ругелин абуни росабалъе рачӏана бертаби тӏоритӏизе».\nПатӏимат, тукадул бетӏергьан:\n«Гъоркьиса дица васасул бертин гьабуна «Марракеш» залалда. Гьелъул ижараялъухъ, богогьабазул хӏалтӏигун цадахъ, 500 азарго гъурущ ана. Кинабго цадахъ рикӏкӏани, ай квана-гьекъей, музыкантал — цо миллионгун анкьнусазарго ккана. Нижер букӏана гьоркьохъеб даражаялъул бертин. Дагьабги бер- цинго гӏуцӏаразул кӏиго миллионалдаса цӏикӏкӏунги гӏарац уна. Дир росас лъазабуна, нилъер хъизанрукъ беццун, цӏекӏал кӏалъаял гьарулел чагӏи цере риччагеян. Нилъеда баркизе рачӏаразе разияб ихтилатги тепсиги гӏуцӏеян лъазабуна гьес дида. Гьединго росас гьукъана гӏарац бакӏарулеб ящик лъезеги. Кьурдизе рахъиндал, бахӏаралдеги дидеги банаха гӏадамаз гӏарац. Росдал ясал рачӏана миллияб ратӏлил формагун. Гьез цӏакъ берцинлъиги кьуна нижер тадбиралъе. Амма магӏарухъ, гьоцӏиб гьабуралда бащалъуларо кигӏан цӏакъабги залалда гӏуцӏараб бертин.\nИсана нижер росулъ рохьил майданалда къачӏан буго чӏахӏиял тадбиразе санагӏатаб бакӏ. Щибаб росдаца бегьилаан жидерго жамагӏаталъе гьединаб бакӏ гьабизе. Дагь-дагьккун гӏадамаздаги бичӏчӏулеб бугин ккола бертаби магӏарухъго тӏоритӏиялъул хайир букӏин. Росдай цӏилъиги буго, рукъалъе экономияги буго».\nАдабгун гӏадат\nАсият, богогьан:\n«Рес бугездаги гьечӏездаги лъималазул ригьин жиде-жидер росабалъ тӏубазабизе бегьилинго кколеб букӏинчӏо. Сухӏматгьекъел исламалъ гьукъараб букӏиналъе мукӏурал росабазул гӏадамал, жамагӏаталъул гӏайибалдаса хӏинкъун, шагьаралде уна сухӏмат гьабизе. Гьенибего доб жамагӏатги бачӏуна.\nАллагьги динги шагьаралдаги магӏарухъги хиси гьечӏеб букӏиналдейищ ургъуларел. Гьеб кӏигьумерчилъи гурищ? Исламалъул къагӏидаялъин абунги гьарула бертаби шагьаралъул залазда. Гьенир нашидал ахӏулел, вагӏза гьабулел чагӏи рукӏуна, амма гӏадамал гӏенеккуларо. Гьеб гурищ адаб гьечӏолъи. Бусурбабиянги рукӏун, цо роцӏинго гьечӏо нилъер гӏамалалъул».\nФатима, исана ригьнаде арай медуниверситеталъул студентка:\n«Нижер росулъ цебего тана сухӏмат, гьекъел-мехтел бугеб бертин гьабулеб къагӏида. Руччабазеги бихьиназеги тепси батӏибатӏияб бакӏалда тӏибитӏула. Кӏиябго бакӏалда гьукъун гьечӏо ихтилат, рекӏелгъей гьабизеги, амма бихьиналгун руччаби батӏа-батӏаго. Рихьдае гьабулеб жо нижер росулъ нагагьги букӏунаро.\nДие бокьичӏо прокаталъе бахӏаралъул хъахӏаб горде босизе. Лъикӏал устарзабаз букъана дие хъахӏаб дараялъулги гордеги, нижерго умумузул къагӏидаялъул бахӏаралъул ретӏелги. Эбел-инсул рокъоса миллияб ратӏлилъ ана, бахӏарасул авалалде щведал, доб хъахӏаб дараялъул гордеги ретӏана. Гьединго, кьерилаз гӏажаиблъи гьабулеб букӏана дица гьурмада косметикаги бахинчӏого, прическа гьабичӏого теялда. Дие бокьана нижер бертин араб къагӏида, кинабго гӏуцӏун букӏана, ,росдал лъикӏал гӏадаталги цӏунун, исламалъул адабги течӏого».\nНусазарилал ижараялъе кьун рукӏарал банкетазул залал чӏорого руго гьанже. Гӏезегӏан заралги ккана гьеб ишалъул гӏадамазе. Гьездаго цадахъ хайир дагьлъун батила музыкантазе, кочӏохъабазе. Кин батаниги, буго гьеб киналъулъго лъикӏаб рахъги.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "13662-khiabibil-rosutsoyal-diklosmtayal-ul-tiogir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13662-khiabibil-rosutsoyal-diklosmtayal-ul-tiogir", "title": "Хӏабибил росуцоял – Диклосмтаялъул тӏогьир", "date": "2021-09-10 11:33:17", "categories": ["tab"], "text": "30 августалда Силди росулъа анкьго гӏолохъанчи вахана ункъ азарго метралдаса цӏикӏкӏараб борхалъиялъул, даим цӏороца бацараб Диклосмта мугӏрул тӏогьире.\nГьел ккола Хӏабиб Гӏабдулатӏипов, Ахӏмаднаби Гӏабдулхӏамидов, Мухӏамадрасул Асхӏабов, Мухӏамадгӏали Хучбаров, Гӏали Хучбаров, Шапи Къурамухӏамадов ва Ахӏмадрасул Камилов. Гьезул бищун гьитӏинасул буго 22, бищун кӏудиясул — 46 сон.\nГьел ккола гӏадатиял чанахъаби. Диклосмта буго Дагъистаналъулгун Чачан Республикаялъул ва Грузиялъул гӏорхъода. Гуржи мацӏалда «мта» ккола мегӏер, Дикло — Тушетиялъул росдада цӏар.\nДиклосмтаялда гӏагарлъухъ руго Хушет ва Гьакъо росаби.\nТӏоцебесеб къоялъ силдадерил гӏолохъаби ана цӏер къараб магӏарда гъоркье щвезегӏан. Гьениб сордоги бан, лъебе-лъебер кило бугел раччалабиги мугъзада лъун, кодор ккун гъанцӏа-тӏилалгун хадусеб къоялъул къалъуде гӏагарлъулеб мехалда щвана Диклосмтаялъул тӏогьире. Квентӏехалъе гьез цадахъ босун букӏана мохмох, тӏех, урба ва цогидаб гьелда релълъараб квен.\nСилди росдал хӏурматалда гьев анкьавго гӏолохъанчияс гьеб бакӏалда ганчӏил сиги бана. Силди росдал бегавул Мухӏамад Нурмухӏамадовас бицухъе, ахирисеб нухалда гьеб цӏорол магӏарде гӏадамал рахун рукӏана 2005 соналда.\n«Гьелги кколаан нижерго, цӏумадисезул гӏолохъаби. Гьезул цояв — Мухӏамад Камиловасул вас Ахӏмадрасул вукӏана гьанже доре рахарал васазда гьоркьов. 16 соналъ цебе гьез доба магӏарда тӏогьиб бахчун тараб кагъат босун бачӏана гьанже силдадерил гӏолохъабаз. Гьединабго кагъат жидецагоги бахчун тун буго гьез, хадур аразда батизе.\nГьединлъидал 16 соналда жаниб къватӏиса цониги чиясда кӏвечӏо гьениве вахине. Амма Москваялдаса, Махӏачхъалаялдаса ва цогидал бакӏаздаса рачӏарал экспедицияз гьеди- нал хӏалбихьиял гӏезегӏан гьаруна. 150 метр хутӏараб бакӏалде щвезегӏанги ун, нахъруссине ккана гьел.\nГъоркьисаги бокьун букӏана гьел гӏолохъабазе доре рахине. Амма гьенир гӏагарлъухъ чӏарал гӏорхъаби цӏунулез риччачӏого, нахъруссун рачӏун рукӏана гьел. Исана дица гье- зухъе кагъат хъвана гьелъие изну гьарун. Гӏицӏго спортивияб мурадалъ къватӏире рахъарал гӏолохъаби рукӏин бичӏчӏизабуна гьезда.\nГьеб мегӏер буго силдадерида дандбитӏун. Дове уневщинав чи нижедаги Гьакъо росдадаги аскӏосан уна. Гьединлъидал нижеда лъала доре щал арал ва инчӏелали», — ян бицана Мухӏамад Нурмухӏамадовас.\nГьел гӏолохъабазул рагӏабазда рекъон, хӏетӏе чӏолел цо-цо бакӏал рукӏана тӏасан балагьун салуца, ракьуца рацаралин кколел, амма дагьдагьккун гъоркьан биун унеб цӏер бугел. Гьедин гӏемер рукӏун руго биараб цӏорода гъоркьан речӏчӏун яги гирун рачӏунел гьарчал, ганчӏал. Гьедин цӏоролъ гӏезегӏан кӏудикӏудиял кьватӏалаби лъугьун ратун руго гӏолохъабазда. Гьениве жа- ниве вортарав чи хвасар гьавизе бажарунгутӏизегицин рес рагӏула.\nДиклосмтаялде рахиналде силдадерил гӏолохъаби щун руго Гӏадалло Шулъгел мегӏералде, хӏаталдаса ун бегӏераб Хъвайни магӏарде, гьединго чияс хӏетӏе чӏезе бищунго захӏмалъулелин рикӏкӏунел Дагъистаналъул цогидал рорхалъабазде.\nГьанжейин абуни гьел хӏадурулел руго Эвересталъул тӏогьире рахине.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "13724-khalk-al-ul-tsol-iyal-ul-k-uvat-tsiikikiarab-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13724-khalk-al-ul-tsol-iyal-ul-k-uvat-tsiikikiarab-bugo", "title": "Халкъалъул цолъиялъулъ къуват цӏикӏкӏараб буго", "date": "2021-09-16 07:08:15", "categories": ["barkiyal"], "text": "Хӏурматиял магӏарулал!\nРакӏ-ракӏалъ баркула нужеда республикаялъул халкъал цолъиялъул къо. Гьаб байрамалъ щулалъизабула халкъазда гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи.\nДагъистаниял, щиб заман бачӏаниги, кидаго цадахъ рукӏана Россиялъул цогидал халкъалгун ва кӏудияб бутӏа лъуна пачалихъ социалиябгун экономикияб, рухӏиябгун маданияб рахъалъ цебетӏезабиялъулъ ва гьеб щулалъизабиялъулъ. Рагъдаги ракълилаб заманалдаги къотӏизе течӏо нилъер халкъаз цоцазе гьабулеб кумек ва гӏагараб Ватӏаналде бугеб рокьи. Нилъер миллатазул хаслъи — гьеб ккола нилъер чӏухӏи, ва гьелъ квербакъула Дагъистан цебетӏеялъе.\nДагъистаналъул халкъаз, Ватӏаналде къо ккедал, бихьизабуна бахӏарчилъиялъул, гъункиялъул ва цолъиялъул мисал. Нилъер умумуз тарих цӏунана ясбер гӏадин ва ракӏчӏола хадубккун гьезул мисалияб нухдасан ине нилъерги таваккал гӏеялда. Гьеб цӏунизеги, ракӏалде щвезабизеги, гьелъул бицинеги кидаго тӏадаб бугониги, гьаб байрамкъоялъ цоги нухалда ракӏалде щвезабула ва гӏун бачӏунеб гӏел ахӏула гьелъие ритӏухъаллъун рукӏине.\nРакӏ-ракӏалъулаб баркиялда цадахъ гьарула нилъее киназего, ай Дагъистаналъул тӏолалго халкъазе, ракълилаб ва талихӏаб гӏумру.\nРЕДАКЦИЯ"}
{"slug": "13725-milliyab-khasl-i-va-insanasul-ikhtiyaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13725-milliyab-khasl-i-va-insanasul-ikhtiyaral", "title": "Миллияб хаслъи ва инсанасул ихтиярал", "date": "2021-09-16 07:15:47", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Махӏач Гӏумаровас гӏахьаллъи гьабуна республикаялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул данделъиялда. Гьениб кӏварбуссинабуна умумуз аманат гьабун нилъехъе кьурал Дагъистаналъул миллатазул гӏадатал, мацӏал, маданият, ай миллияб буголъи цӏуниялда ва цебетӏезабиялда сверухъ ругел гӏунгутӏабазде. Кӏалъазе вахъарав рехсараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана ахираб заманалда миллатазул аслулъун кколел мацӏалги, гӏадаталги, адабият-маданиятги дагь-дагьккун кӏочон толел ругилан. Гьединго миллиял мацӏазда къватӏире рачӏунел газет-журналазул подписка гӏодобе кколеб букӏиналъул, рахьдал мацӏал малъиялда сверухъ школазда бугеб гӏей гьечӏеб ахӏвал-хӏалалъул, миллиял мацӏазда хъварал цӏалул тӏахьал гьечӏолъиялъул, республикаялда херазул рукъзабахъе рехун таразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабсагӏаталда бугеб къагӏидаялда гьеб кинабго тани, чанго соналдасан нилъ лъугьине руго миллатги, мацӏги, гӏадатги, гӏамалги кӏочарал манкурталлъун.\n— Жакъа гьанире ракӏараразда гъорлъ руго министралги бажари-гьунар бугел гӏадамалги. Хӏажат буго гьеб рахъалъ ругел гӏунгутӏабазул бицун течӏого, унго-унгояб къагӏидаялда гьел тӏагӏинариялда тӏад хӏалтӏизе, гьанир цере лъурал суалал ва масъалаби гӏумруялде рахъинаризе. Нилъер щивасда тӏадаб борчлъун ккола гьеб, — ан абуна З. Ильясовас.\nРеспубликаялъул лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министр Яхӏя Бучаевасул рагӏабазда рекъон, Дагъистаналъул школазда рахьдал мацӏал малъиялъе рихьизарурал сагӏтал рикьизе ихтияр кьун буго учреждениязул нухмалъулезухъе.\n— Нилъеца щиб бицаниги, жидер лъималазе рахьдал мацӏ хӏажат гьечӏин абулел эбел-эмен дагьал гьечӏо республикаялда. Амма министерствоялъ миллиял мацӏал, маданият ва Дагъистаналъул тарих цӏуниялда сверухъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго. Мисалалъе, хӏаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалъул дарсал цӏидасанги цӏалул программаялда гъорлъе рачине. Гьединаб суал лъун буго Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялда цебе. Ресал ралагьулел руго тарихалъул ва миллиял мацӏазул учебникал къватӏире риччазеги. Мугӏалимзабазе харжал цӏикӏкӏинаруна 23 проценталъ. Гьеб гӏемер гьечӏо, амма тӏоцересел галаби тӏамуна ва гьелда къокълъун чӏезе ракӏалдаги гьечӏо, — ян абуна Я. Бучаевас.\nГьеб рахъалъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулев Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовас ва профсоюзазул нухмалъулев Гӏабдула Мухӏамадовас.\nКультураялъул министрасул заместитель Мурад Хӏажиевас бицана, эпидемиологияб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, культураялъул учрежденияз цебе лъураб суалалда хурхун гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nДагъистаналъул туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслабазул министр Эмин Мердановасул пикруялда рекъон, нилъехъе рачӏунел туристал цӏикӏкӏанагӏан республикаялъул халкъазул миллияб маданиятги буголъиги рагӏдукь бахчизе, тӏагӏине гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, цӏилъизе буго.\n— Туристазе къваригӏун букӏуна нилъер хаслъи бихьизе. Кинабго хӏисабалдеги босун, нижеца хӏадур гьарулел руго батӏи-батӏиял программаби, гӏумруялде рахъинаризе руго батӏи-батӏиял проектал, — ан абуна Э. Мердановас.\nДанделъиялъул хӏасил гьабулаго, М. Гӏумаровас абуна Дагъистаналъул миллатазул гӏадатал, мацӏал, маданият, ай миллияб буголъи цебетӏезабиялда ва инсанасул ихтиярал цӏуниялда сверухъ гьабулеб хӏалтӏуде жеги цӏикӏкӏун кӏвар кьезе бугин.\nТемирхан ХӏАСАНОВ"}
{"slug": "13726-chanakh-abigi-chchugiikh-abigi-tstsidakhun-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13726-chanakh-abigi-chchugiikh-abigi-tstsidakhun-rugo", "title": "Чанахъабиги ччугӏихъабиги ццидахун руго", "date": "2021-09-16 07:19:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нилъер республикаялда буго чанахъабазулгун ччугӏихъабазул жамгӏияб цолъи. Гьеб цолъиялде гьоркьоре унезда ракӏалда буго Махӏачхъалаялъул аслияб майданалде рахъине. Гьелъие бугеб гӏиллаги ккола чан гьабизе ва ччугӏа кквезе гьезул къайимлъиялда рукӏарал ракьал республикаялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъухъе кьей.\nГӏаммаб куцалда гьединал ракьазул 716 гектар буго республикаялда. Гьениб буго чанахъаби хьвадулеб 29 батӏияб ракь, къокъго абуни, чан гьабизе ва ччугӏа кквезе гьел хьвадулеб бакӏ. 1945 соналдаса нахъе гьезул ихтияралда рукӏун руго гьел ракьалги. Исана 1 сентябралда лъугӏун буго ижараялъе гьел хӏалтӏизаризе чӏезабун букӏараб болжал.\nЖидее бокьун букӏанин гьеб болжал халатбахъинабизе, лъабго моцӏалъ цебе документалги хӏадурун рукӏанин бицана чанахъабазгун ччугӏихъабаз. Амма инкар гьабун буго. Гьелда ракӏ рекъечӏого судалдеги ун руго гьел. Гьанже гьез къотӏараб хӏукмуялда бараб букӏинаха кинабго.\nРехсараб министерствоялда ракӏалда батулин гьел ракьал хасал чагӏазул бетӏергьанлъиялде кьезеян рикӏкӏунеб буго чанахъабазул жамгӏияталъул цевехъан Александр Гаркушаца. Амма жал разилъун гьабулеб хӏукму гьеб букӏинарин абун ццим бахъунги вуго чанахъан.\nГьезул данделъиялде вачӏун вукӏана низам цӏунулел хӏалтӏухъабазул вакилги. Жив нужер пикруялда рази вугин, амма дандечӏеялда хурхун нужеца гьаризе ругел тадбирал законалда рекъезаризе кколин абуна гьес.\nРеспубликаялъул чанахъабазулгун ччугӏихъабазул жамгӏияталъул нухмалъулев Завурбек Вагидовас бицана, цадахъ рекъон хӏалтӏани, мурадалде щвезе рес бугин. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъе кагъат хъвани лъикӏаб букӏининги абулеб буго гьес.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "13727-kh-amuna-nadir-shag-magiarulatsa-ag-aldasa-chakma-bidul-tsiezegian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13727-kh-amuna-nadir-shag-magiarulatsa-ag-aldasa-chakma-bidul-tsiezegian", "title": "«Хъамуна Надир-шагь магӏарулаца агъалдаса чакма бидул цӏезегӏан»", "date": "2021-09-16 07:22:11", "categories": ["rel"], "text": "Бащдаб дунялги квегъун, Дагъистаналде вачӏарав Ираналъул шагь Надирил мугъ бекана магӏарухъ – Хицӏиб магъилъ. Цо-цо тарихчагӏаз абула гьесул аслияб мурад букӏанин Аваристаналъул тахшагьар Хунзахъ кверде боси. Гьелдаса хадуб Россиялдехун инеги ракӏалда букӏанила шагьасда. Амма магӏаруллъиялъго ахӏиги бан данделъарал бояз кӏудиял камиялги ккезарун, рогьояб куцалда мугӏруздаса тӏуризавуна шагь.\nИбрагьим-хӏажиясул фатва\nсабаблъун\nГьеб мехалда миллатцоязде ахӏи бана Гьидалъа гӏалимчи Ибрагьим- хӏажияс. Хас гьабун Ибрагьим- хӏажияс щай гьединаб хитӏаб гьабурабин ракӏалде ккезеги бегьула.\nДагьалъ цебе гьесул хӏакъалъулъ тӏехь къватӏибе биччана тарихчагӏи Мухӏамад Шехмухӏамадовасги Шагӏбан Хӏапизовасги.\nМухӏамад Шехмухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, доб заманалда Гьидалъ вукӏана халкъалда гьоркьоб рагӏи билълъарав Ибрагьим- хӏажияв. Гӏолохъанго вукӏаниги, кутакалда политикаги бичӏчӏулеб букӏун буго гьесда. Жиндирго эмен, гӏалимчи Мухӏамад-хӏажицаго байбихьараб хӏалтӏи цебехун бачунеб букӏун буго Ибрагьим-хӏажияс. Масала, Крымалъул султанасулгун ва гӏусманиязул халифаталъул вакилзабазулгунцин бухьенал рукӏун руго гьезул. Гьезда цере цӏаларал мутагӏилзаби хадурккун кӏудиял гӏалимзабилъунги рахъун руго.\n«Амма кигӏан лъай бугониги, фатва кьуниги, гьев чиясухъ халкъ гӏенеккулеб гьечӏони, фатваялъ кинабгӏаги асар гьабуларо. Ибрагьим- хӏажиясухъ абуни гӏенеккулаан, гьесул къадру букӏиналъ.\nНадир-шагь Гъазигъумекиве лъугьиндал, Сурхай-ханги тӏурун ун жалго хутӏарал гьесул васал Муртазагӏалицаги Мухӏамадханицаги кумек гьарун гьидерихъе хъвараб кагъат буго. Гьедин кьураб фатва ккола Ибрагьим-хӏажияс гъоб – халкъ рагъде бахъаян. Гьесда бичӏчӏулеб букӏана иш квешаб рахъалде инехъин букӏин. Цо-цо бакӏазул нухмалъулел парахат чӏолел рукӏун руго рагъдеги рахъинчӏого, Надир-шагьги бусурманчи кколелъулилан. Гьес кагъталги хъван рукӏиндалха киса-кирего: живги бусурманчи вугин, рачӏайин киналго цолъизе. Амма гьев шигӏияв кколаан, кканиги гьедигӏан диналъул ургъелги букӏун гьечӏо гьесие», — ян бицана Мухӏамад Шехмухӏамадовас.\nГӏаймакиса Абубакарихъ гӏенеккаралани…\nХицӏиб магъилъе рагъ щвелалде магӏарулаз Гӏаймакиб къварилъухъги гӏасияб кьаби щвезабуна Надир-шагьасул аскаразда. Бодул цевехъанлъун вукӏун вуго шагьасул дурц Люфт Гӏали-Хан. Интернеталдасан кьурал баяназда хъвалеб буго гьенив шагьасул 50 азарго аскарияв вукӏанилан. Амма Гӏаймаки школалъул тарихалъул учительница Загьрат Исрапиловалъул рагӏабазда рекъон, гьениб гьечӏо гьебгощинаб аскарги жеги гьезда данде рагъулел рукӏаралги чӏезегӏанасеб бакӏ. Гьезул умумуз бицухъе, шагьасул 20 азарго аскарияв вукӏун вуго.\n«1741 соналъул август моцӏалъ лъабго сордо-къоялъ букӏун буго гьеб рагъ. Цо-цо тарихчагӏаз хъвалеб буго гьеб гӏаймакдеридаги хьергебдеридаги гьоркьоб бугеб къварилъухъ букӏанин. Амма цохӏо сухъмахъ гурони, гьединаб гӏатӏилъи букӏинчӏо доба. Гьанжени Хӏамзат Хӏамзатовас («Дагэнерго») шагьранухги бахъун буго гьениса. Гьединлъидал, нижер хӏисабалда рекъон, рагъ букӏун батула Жужуки магъилъ, гӏатӏидал байдаби руго гьенир.\nГьеб рагъ байбихьилалдего Гӏаймакиса Абубакарил бетӏерлъиялда гъоркь магӏарулаз Надир-шагьасухъе кӏудияб вакиллъи битӏун букӏун буго, аскарги бачун, магӏарул ракьалде вачӏунгеян лъазабизе. Амма шагьас гӏиндего босун гьечӏо гьеб хабар», — илан бицана Загьрат Исрапиловалъ.\nГьелъул рагӏабазда рекъон, гьеб рагъулъ гӏаймакдерие хӏалае рахъун руго сверухъ росабалъа гӏадамалги.\nЧӏвачӏого хутӏарал шагьасул аскариял хӏалица лъутун рорчӏун руго гьениса, гьезул цогидаб къокъа абуни асир гьабун буго.\n«Дунялго квегъи\nгьадингояб жо буго дие»\nЛоккарт абурав авторас 1938 соналда Лондоналда къватӏибе биччараб тӏехьалда хъван буго Надир-шагьасул киналго рагъазул хӏакъалъулъ (редакциялде гьеб босун бачӏана Сугъралъа Маркъулазул Мухӏамадица). 2004 соналда гьеб гӏурус мацӏалде буссинабун буго Бакуялда.\nЛоккартил рагӏабазда рекъон, афгъаналъулазул зулмуялдаса жиндирго улкаги тархъан гьабун, персазул ракьал нахъе кьезе гӏурусалги тӏамун, Индияги хъамал гьабун, Туркестанги мукӏур гьабун, жиндир флоталъул кверщаликье Персиялъул заливги щвараб, жеги батӏи-батӏиял халкъалги мутӏигӏ гьарун, бицун хӏалкӏолареб ссиялда Надир вугеб заман букӏуна.\nГьебмехалда Тегераналда шагьас къабул гьавула гӏурусазул резидент Калушкин. Гьесда ракӏалда бугеб жо лъазабеян Санкт-Петербургалдасан кьураб тӏадкъай букӏуна резидентасе. Гьес Санкт-Петербургалде хабар битӏула шагьасул кутакалда жиндаго ракӏчӏун бугин, гьесулгун къотӏи- къаял гьаризе захӏмалъизе бугилан. Шагь гьесда цеве веццарулев вукӏуна цо хӏатӏидаги чӏун кӏолин жинда Индия кодобе босизе, гьеб мехалда кӏиго хӏатӏидаги вахъун чӏун хӏалбихьани, дунялго квегъи жиндие щиб жойилан.\nТегераналдаса Газвиналде (Ираналъул Казвин шагьар – ред.) уна Надир. Цо заманалда лезгиял Картлиялде тӏаде кӏанцӏанин гьесухъе хабарги босун вачӏуна гуржиязул бетӏер. Локкартил тӏехьалда лезгиялин хъварал чагӏи гуржиязде чабхъенал гьарурал магӏарулал рукӏинеги рес буго. Гьезда ццим бахъун лъугьуна шагь. Гьединлъидал тӏаде кӏанцӏи гьабураб бакӏ цӏунизе афгъаналъулал ритӏула гьес.\nГьеб мехалда тӏадеялдаса тӏаде сахлъиги загӏиплъулеб букӏуна шагьасул, щайин абуни жиндирго тохтур гьес хӏежалде виччан вукӏуна. Гьединлъидал дару-сабаблъе къагӏида кколаро.\nГазвиналда 15 къоги бан, Надир Чӏарлъул ва Талаялъул лезгиязе (Цӏоралъул магӏарулал рукӏине ккола гьел – ред.) тамихӏ гьабизе Дагъистаналде къокъуна. Гьениб кӏудияб рагъулъ гъурула бакӏалъул гӏадамазул гӏезегӏан чи, хутӏарал кверде росула. Цинги шагь Гъазигъумекиве щола.\nГьенисан вагъарула Авариялъул гӏорхъаби лъазаризе. Амма гьеб букӏуна квачараб мех. Гьединлъидалищ яги магӏарулаз кутакалда дандечӏей гьабизехъин букӏиналъул хабар лъанищали, шагь уна бакъбаккул рахъалде, Каспи ралъдал рагӏалдехун. Авариялде сапар гьелдаса моцӏалъ цебе байбихьун букӏарабани, гьесухъа бажарилаан согӏал мугӏруздасан нуцалзабазул ватӏан Хунзахъе нух бахъизе, гьелдалъун Дагъистаналъул кӏулалги шагьасул кодор рукӏинаан.\nГьединго тохлъукьего Россиялде тӏадекӏанцӏи гьабурабани, гьесда кӏвелаан Гъизлярги Астраханги бахъизе, щай абуни гьелъул аслиял аскарал Швециялъулгун гӏорхъи щула гьабизе ритӏун рукӏана. Амма хадубккун Россиялъе баянлъана тӏаде кӏанцӏизе шагьасда ракӏалда ругел хьулал.\nПалхӏасил, Каспи ралъдал рахъалдехун гӏагарлъулаго, шагьасухъе хабар щола бакӏалъул гӏадамаз жиндир аскаралъул цо бутӏаги гъурун бугин, руччабиги хъамун ругилан. Гьеб мехалда ццим гьалаглъарав шагьас рагӏи кьола гьезул ахирисев чиясе тамихӏ гьабичӏого жив Дагъистаналдаса нахъе унарилан. Амма гьелъул хӏасил кколаро.\nКкечӏониги, Дербенталда гӏагарлъухъ чадиралги чӏван чӏола шагьасул армия. Заманалдасан гьезие захӏмалъула мугӏрул-щобалъанги рохьалъанги тӏубараб аскаралъе гӏураб квен-тӏех баччизе. Гьединлъидал хӏукму ккола гьеб гумузда лъун ралъдадасан баччизе. Амма Каспи ралъдалъ жиндирго гуми рукӏунаро шагьасул, Персиялъул заливалда флот букӏаниги.\nШагьас кумек тӏалаб гьабула гӏурусаздасан. Цо-цо гуми гьесие гьарула хиянатлъиялде арал гӏурусаз. Цогидал гуми шагьас ижараялъе кьеян гьарула Россиялъул резидент Калушкинида. Надирица гьесие кьола парччадул халгӏатги азарго гъурущги. Амма Калушкиница хӏукуматалда лъазабула нагагьлъун гьел гуми шагьасухъе кьуни, гьес гьел киданиги тӏад руссинаризе гьечӏин, щайин абуни шагьасда ракӏалда бугила Каспиялда жиндирго флот лъезе. Гьебги хӏисабалде босун, Россиялъул хӏукуматалъ инкар гьабула шагьасухъе гуми кьезе.\nГьелдаса хадуб Турциялъулгун персазул рекъел ккедал, шагьасда ракӏалда букӏанила Келаталде ун, гьенив парахалъизе. Гьениве къватӏиве вахъиналде гьес Эндиреялдеги Костекалдеги чагӏи ритӏун руго квен-тӏехги чуялги росизе. Амма лъарагӏаз цӏакъго багьабиги рорхизарун, Надирил ццим бахъинабун буго.\nХадуб Локкартил тӏехьалда бицунеб буго тӏокӏалъ чӏечӏого Надир-шагьасул аскаралде, хасго кванил нигӏматал раччун унел чагӏазде, тӏаде кӏанцӏиял гьарулаанила Табасараналъул ракьалда, Губденалда гӏагарлъухъ. Тӏадежоялъе, багӏарараб риидал лъел рахъалъги къварилъи кколеб букӏун буго. Кватӏичӏого вабаъ унтиги тӏибитӏун буго. Гьединлъидал шагьас аскар цогидаб бакӏалде гочинабун буго.\nДагь-дагьккун гьезул иш битӏа- бишун ине байбихьун, Табасараналда тӏад кверщел гьабизе лъугьун буго. Россиялъ жиндирго аскарал Гъизляралде аскӏоре ритӏун рукӏинги лъан, Надирил хӏукму ккола, лъарагӏалги жалго тун, магӏарухъе сапар бухьине.\nГьелде щвезегӏан резидент Калушкиница чанцӏулго бичӏчӏизабун букӏуна шагьасда Дагъистаналде рагъгун ин гӏададисеб жо бугилан. Амма шагьас гӏин тӏамуларо.\nГьедин магӏарухъ гьезде балагь рещтӏинабунин хъвалеб буго Локкартица. 6000 чи вугеб шагьасул къокъа нахъе къанила, магӏарулаз жидер гӏезегӏан чи гъурун хадуб. Гьелда ццим бахъарав Надирица буюрухъ кьун буго чанго офицер чӏвазе.\nШагьас Авария тола октябрь моцӏалъ.\nХасел тӏамизе лъарагӏлъиялда чӏола гьев. Гьениб ккола кутакалда вахӏшияб лъугьа-бахъин. Дагъистаналде вачӏиналдего, Ираналда рохьосан унаго, лъицаяли речӏчӏун бачӏараб жоялъ килищ лъукъула Надир-шагьасул. Гьелдаса нахъе ургъула гьев гьелда тӏад. Ахирги жиндирго васасда щаклъула. Амма вас мукӏурлъуларо кигӏан инсуца гӏакъуба кьуниги. Мукӏурлъичӏониги, шагь божула чияр мацӏазда. Гьединлъидал буюрухъ кьола васасе тамихӏ гьабизе – гьев бецц гьавизе. Бицуна гьелдаса хадуб лъабго къоялъ чадиралъуса къватӏиве ваккичӏила шагь. Цинги гьес васасда бичӏчӏизабулеб букӏуна жинца гьедин гьабиялъе гӏилла. Амма васас гьесие жаваб кьола жив гурин дуца бецц гьавураб, тӏолабго Персия гьабунилан.\nХадуб якъинлъула вас гӏайибияв вукӏинчӏолъи.\nГьелдаса хадубги гӏодове виччаларо Надир-шагь. 1742 соналъул ноябралда цӏороца бацараб Терекалда тӏасан Гъизляралде уна гьев кидаялиго Персиялда гъорлъ рукӏарал ракьал нахъе тӏалаб гьаризе. Амма гьеб мехалда Россиялъ щула гьарун рукӏуна севералдехун ругел гӏорхъаби.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "13728-tiagiam-dobgo-baga-uchuzab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13728-tiagiam-dobgo-baga-uchuzab", "title": "Тӏагӏам — добго, багьа – учузаб", "date": "2021-09-16 07:38:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "11 сентябралда, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана росдал магӏишаталъул иргадулаб ярмарка. Моцӏалъ цебе, 14 августалда гьебго бакӏалда тӏобитӏаралда данде гьеб ана гӏемерго тӏадегӏанаб даражаялда, республикаялъул киналго районаздаса 200-гӏанасев магӏишатчи гӏахьаллъун. Гьаб нухалда гӏемерго цӏикӏкӏун букӏана нигӏматазул къадарги, хасго пихъил, гьанал, ччугӏил. Гьезул цо-цоязул багьаби базаразда ругел хӏисабалъул рукӏаниги, гӏемерисел рукӏана 10-20 проценталъ учузал.\nЯрмаркаялда гӏахьаллъана ва киналъулго хӏисаб-суал гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Батӏал Батӏаловас ва республикаялъулгун тахшагьаралъул идарабазул жавабиял хӏалтӏухъабаз."}
{"slug": "13729-khiasilaz-bortsarab-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13729-khiasilaz-bortsarab-nukh", "title": "Хӏасилаз борцараб нух", "date": "2021-09-16 07:47:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал «Сугъралъ» агрофирма ккола районалда бищун кӏудияб, гӏияхъанлъи-боцӏухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда цебесеб кьерда бугеб магӏишат. 1931 соналда гӏуцӏараб гьелъ, батӏи- батӏиял цӏаразда гъоркь, нахъа тана гӏемер захӏматаб, гӏезегӏан хӏалуцараб, хадубккунги жиндирго чӏванкъотӏараб рахъ босараб, бечедаб тарихалъул нух.\n11 сентябралда гьелъ кӏодо гьабуна жиб гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай. Тадбир тӏобитӏана Хъумторхъала районалда магӏишаталъул бугеб ракьалда, Сулахъ гӏурул рагӏаллъуда тӏибитӏараб «Нугъай-тугъай» хъутаналъул майданалда. Тадбиралъул букӏана 3 бутӏа – официалияб, музыкалияб ва спортивияб. Официалияб бутӏаялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Батӏал Батӏалов, Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимов, гӏемерал росабазул бутӏрул, магӏишатазул нухмалъулел, хӏалтӏул ветеранал. Тадбир рагьана ва бачана магӏишаталъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Чураевас. Гьес бицана агрофирмаялъ нахъе тараб нухалъул, жакъасеб къоялъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ, киналго гӏахьалчагӏазе кьуна баркала. Хадур кӏалъазе рахъараз магӏишаталъул нухмалъиялда ва хӏалтӏухъабазда баркана юбилей ва гьарана лъикӏал хӏасилалгун цебетӏей. Жиндирго кӏалъаялда Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас цӏалана Сергей Меликовасул Баркиялъулаб кагъат, бицана республикаялъул росдал магӏишаталда «Сугъралъ» агрофирмаялъ кколеб мустахӏикъаб бакӏалъул хӏакъалъулъ, цоги нухалда киназдаго баркана байрам ва хӏалтӏул церехъабазе кьуна шапакъатал. Гьел сайгъатазул букӏана цо кӏвар бугеб хаслъи – Гӏабдулмуслимовас абухъе, республикаялда жеги киданиги букӏинчӏо Бетӏерасул цо указалдалъун, цо гӏуцӏиялъул ялъуни росдал цадахъ 10 чиясе шапакъатал кьеялъул хӏужа. Жакъа гьеб магӏишаталда ккана гьедин. Данделъиялъе чӏаголъи кьуна музыкалиял церерахъиназ, художествиял номераз, гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккуна Асхӏабали Хӏасановасул нухмалъиялда гъоркь жидерго гьунар бихьизабурал «Пехлеванал» абураб палугьаназул къокъаялъул гьитӏинал гӏахьалчагӏаз. Волейболистазда гьоркьор рукӏарал хӏалуцарал хӏаязда бергьараб командаялъе щвана цебеккунго чӏезабун букӏараб хасаб сайгъат – куй, цогидал гӏахьалчагӏазе кьуна грамотабигун кубокал.\nТадбир ана берцинаб хӏалалда, карантиналъул заманалда нилъ киналго махӏрумлъун рукӏараб аваданлъигун."}
{"slug": "13735-untarazukh-e-kumek-khekhgo-shchvela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13735-untarazukh-e-kumek-khekhgo-shchvela", "title": "Унтаразухъе кумек хехго щвела", "date": "2021-09-16 08:11:43", "categories": ["med"], "text": "Шагьаразда ва хасго районазда гӏадамазул гӏарзал камуларо унтаразухъе ахӏараб хехаб кумекалъул машина цӏакъго кватӏун гурони щоларин абун. Гӏумруялъе хӏинкъи бугел ва заманалда хехаб кумек хӏажалъулеб унти чӏварал гӏадамазухъе гьеб кӏиго-лъабго сагӏаталдасан гурони бачӏунеб гьечӏин абун медицинаялъул хӏалтӏухъабазде гӏайибалги гьарула. Медицинаялъул гӏуцӏабазул нухмалъулезги, хехаб кумекалъул машинаби гӏолел гьечӏин абун, жидедаго гӏайиб гьечӏеблъи бичӏчӏизабула.\n«Медицинаялъул хехаб кумек щвезабиялъул къагӏида чӏезабиялъул хӏакъалъулъ» абураб РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул амруялда рекъон, хехаб кумек гьабиялъул кӏиго къагӏида буго. Тӏоцебесеб – экстренияб, ай хехаб унти чӏварав, хроникияб унти хӏалуцарав, ай хвеялда хӏинкъи бугев унтарасе кумек гьаби. Экстренияб кумек хӏажаталлъун ккола – би чӏезабизе бажарулареб хӏалалда ругел, гӏакълуялдаса ун яги хӏухьел цӏазе кӏоларого лъугьарал, психикиял унтаби ругел (унтарас жиндиего ва аскӏор ругел гӏадамазул гӏумруялъе зарал гьабилин хӏинкъи бугони), лъимер гьабизе мех щварал руччаби, черх бухӏарал, лъукъарал, лугбал рекарал, загьруял жал гьекъон яги кванан унтарал. Гьединазухъе хехаб кумек щвезе ккола 20 минуталда жаниб.\nКӏиабилеб къагӏида ккола нахътӏамизе бегьулареб – тохлъукьего унти багъарани ва унтарасул гӏумруялъе хӏинкъиги гьелдаса гьечӏони. Гьединав унтарасухъе хехаб кумек кӏиго сагӏаталда жаниб щвезе бегьула.\nХехаб кумекалъул рахъ республикаялда лъикӏ гьечӏеблъи бихьана нилъеда пандемиялъул заманалдаги. Гӏураб къадаралда машинаби гьечӏолъиялъ, унтаразухъе жиндир заманалда кумек щоларого захӏмалъабиги дандчӏвалаан. Пандемиялъул заманалда ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ 14 медицинаялъул гӏуцӏиялъе хехаб кумекалъул автомашинаби росунги рукӏана.\nНилъер республикаялда гуребги, хехаб кумекалъул машинаби гӏолел гьечӏо улкаялъулго цогидал регионаздаги. Гьелда бан, РФялъул президент Путинил бихьизабиялда рекъон, 2021-2024 соназда жаниб улкаялъулго медицинаялъул гӏуцӏабазе хехаб кумекалъул 5000 автомашина босулеб буго. Хасго кӏвар кьолеб буго рикӏкӏадал мугӏрул росабалъе хехаб кумекалъул автомашинаби щвезариялде.\n2025 соналде щвезегӏан сахлъи цӏуниялъул тӏоцебесеб кумекалъе (первичное звено) 6,5 миллиард гъурущ биччазе хӏисабалде босун буго. Гьеб заманалда жаниб 700-гӏанасеб автомашина босизе буго медицинаялъул гӏуцӏабазе.\nДагьал церегӏан къоязда, Дагъистаналъул районазул ва шагьаразул больницабазеги кьуна хехаб кумекалъул ва тохтурзабазул хъулухъ тӏубалеб 27 машина. «ДРялъул сахлъи цӏуниялъул тӏоцебесеб звено жакъасеб къоялъул тӏалабазда рекъон бачин» абураб программаялда рекъон, республикаялъул сахлъи цӏуниялъул идарабазе автотранспорт кьеялъул тадбиралда гӏахьаллъана Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовги.\nРайоназул ва шагьаразул больницабазе 13 «Газель», 10 «Нива» ва 4 «Лада Ларгус» автомашинаби кьуна.\nУнтарал больницабазде щвезаризеги, унтаразухъе раккизе унел тохтурзаби рекӏинеги, цӏех-рехазе росулел биоматериалал яги дараби раччизеги хӏажатал автомашинабаздалъун хьезаризе ругин медицинаялъул гӏуцӏабиян лъазабуна ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ. 2021 соналда медицинаялъул гӏуцӏабазе кьезе буго 177 автомашина.\nМинистралъул рагӏабазда рекъон, республикаялда сахлъи цӏуниялъул тӏоцебесеб бутӏа цӏигьабиялъул мурадалда Махӏачхъалаялъул Ленинкент поселокалда ва Сепараторазул поселокалда базе буго 250 чиясе хъулухъ гьабизе рес бугеб кӏиго поликлиникаги.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "13969-rishchiyal-tiuran-khadub-tiadel-izin-khialtiude", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13969-rishchiyal-tiuran-khadub-tiadel-izin-khialtiude", "title": "Рищиял тӏуран хадуб тӏаделъизин хӏалтӏуде", "date": "2021-09-23 10:38:05", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьале тӏубана дагъистанияз жидерго Конституциялъулаб борч — жигараб гӏахьаллъи гьабуна 17, 18 ва 19 сентябралда тӏоритӏарал рищиязда. Гьелъул хӏасилал гьаруна Дагъистаналъул избиркомалъул председатель Мухӏамад Дибировасул нухмалъиялда гъоркь 20 сентябралда тӏобитӏараб данделъиялда. Гьес бицана, Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда, бищунго цӏикӏкӏун гьаркьалги щун, «Единая Россия» партия (81,18 %) тӏоцебесеб бакӏалде бачӏанин. — Кӏиабилеб бакӏ ккуна КПРФалъ (6,20 %) ва лъабабилеб бакӏ щвана «Справедливая Россия» партиялъе (5,56 %).\nСеверияб цо мандаталъулаб избирательнияб округалда Пачалихъияб Думаялде депутатазул рищиязда бергьана Гӏабдулхӏаким Хӏажиев.\nГьесие щвана 84,87 процент гьаркьазул. Централияб цо мандаталъу- лаб избирательнияб округалда чӏел босана 81,18 процент щварав Му- рад Хӏажиевас.\nЮгалъулаб цо мандаталъулаб избирательнияб окру галда халкъалъул 73,31 проценталъ рахъккуна Жамалдин Хӏасановасул.\nДРялъул Халкъияб Собраниялде борчӏана лъабго партия — бищунго цӏикӏкӏун гьаркьал щварал «Единая Россия» (73,74 %), «Справедливая Россия» (12,71%) ва КПРФ (11,62 %), — ян абуна М. Дибировас.\nЛДПРалъегун «Партия роста» гӏуцӏабазе Халкъияб Собраниялда депутатазул мандатал рихьизаризе гӏураб къадаралда гьаркьал щвечӏо.\nДанделъиялда журналистаз кӏвар буссинабуна цо-цо избирательниял участкабазда рукӏарал законалда данде кколарел рахъазде. Мисалалъе, рехсана пуланаб ясли-ахалда избирательнияб участокалда гьаркьал кьолезул сияхӏалда гьанжеялдаса лъабго-ункъо соналъ цеве гӏумруялдаса ватӏалъарав чиясул цӏар батанилан. Мухӏамад Дибировасул рагӏабазда рекъон, къадаралде щварал чагӏазул цӏар сияхӏалдаса нахъе бахъула гьесул гӏагарлъиялъ ЗАГСалдеги ун, гьев хванин лъаза- бурабго. Избирательнияб комиссиялъул хӏалтӏухъабазда балъголъи лъаларин кӏалъана гьев.\nДанделъиялда кӏвар буссинабуна Цӏияб Сивухъ росдал гӏадамазул ккараб лъугьа-бахъиналдеги. Жамагӏаталъул цо бутӏаялъе къваригӏун букӏана жидерго гьаркьал Басрияб Сивухъ кьезе. Амма гьез гьеб Гумбет районалъул территориалияб ва росдал участкаялъулаб избирательниял комиссиязда лъазабун букӏун гьечӏо. Избиркомалъул председателас бицаралда рекъон, республикаялъул избирательнияб комиссиялъ ахӏвал-хӏалги цӏехон, гьел гӏадамазе Басрияб Сивухъ гьаркьал кьезе изну кьуна. Амма бакӏалда гӏураб къадаралда бюллетенал ратичӏолъиялда бан, гьел рищиязда гӏахьаллъичӏого хутӏана. Гьединал хӏужаби цере ккун дандчӏван рукӏинчӏин ва хадуб хӏисабалде росизе ругин абуна гьес.\nРФялъул Пачалихъияб Думаялде ва Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде депутатазул рищиял исана ана лъикӏаб даражаялда, абизегӏанасел гӏадлу хварал хӏужаби ккечӏого, ахӏи-хӏур бахъинчӏого.\nДагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовасул рагӏабазда рекъон, гьес нухмалъи гьабулеб гӏуцӏиялда цебе бугеб рищиязда хадуб халкколеб централъ лъабабго къоялъ гьабуна кӏудияб хӏалтӏи.\nЖамгӏияб палатаялъ рищиязда хадуб халкквезе ункъазарго чи вихьизавун вукӏаниланги тӏаде жубана гьес. Гьелде тӏадеги, централъул вакилзабаз «Ростелекомалъул» минаялдаги чӏун, видеокамераздасанги рищиязда хадуб гьоркьоса къотӏи гьечӏеб халкквей чӏезабун букӏана.\nРищиязда хадуб халкколеб жамгӏияб централъул нухмалъулев Буниямин Мухӏамадовас бицана жидеда цебелъураб аслияб масъала гӏадлу хварал ишал тӏатинари ва хехго жавабиял идарабазда гьезул хӏакъалъулъ лъазаби букӏанилан. 2016 соналда рукӏаразда дандеккун исанасел рищиял гӏемерго гӏуцӏадго ва лъикӏ ана. Территориалиял ва участковиял избирательниял комиссиязда абизегӏанасел низам хвезабиялъул хӏужаби ккечӏо, ян бицана гьес.\nДагъистаналъул Халкъияб Собраниялде вищана 90 депутат. Гьезда гьоркьоса 69яв ккола «Единая Рос- сия», 11яв «Справедливая Россия» ва 10яв – КПРФялъул вакилзаби.\nАнкьабилеб ахӏиялъул Халкъияб Собраниялъул депутатазул мухъилъ дагьлъана руччабазул къадар.\nЦебесеб ахӏиялъул Собраниялъул депутатазда гъорлъ рукӏун ратани микьго чӏужугӏадан, гьанжесел рищиязда гьение ана гӏицӏго ункъо чӏужугӏадан."}
{"slug": "13970-vaktsina-urg-arazul-khiurmatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13970-vaktsina-urg-arazul-khiurmatalda", "title": "Вакцина ургъаразул хӏурматалда", "date": "2021-09-23 10:42:35", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏелмиябгун сахлъи щула гьабиялъул «Журавли» комплексалда «багӏараб зонаялда» хӏалтӏарал медиказегун гӏалимзабазе гӏуцӏараб «Тохтурзаби чӏахъаги» абураб реабилитациялъулаб акциялъул кӏиабилеб этап ахиралде щвеялда бан тӏобитӏана гӏелмияб конференция. Рехсараб акциялда рекъон, гьеб комплексалъ гьанжелъизегӏан къабул гьавуна 1000-ялдасаги цӏикӏкӏун COVID-19 унтуца кӏвекӏарав сахлъи цӏуниялъулгун гӏелмияв хӏалтӏухъан. Конференциялъул заманалда комплексалда рагьана коронавирусалда данде вакцина ургъарал гӏалимзабазул ва пандемиялъул заманалда цебесеб кьерда чӏун унтуда данде къеркьарал тохтурзабазул хӏурматалда памятникги.\nЖакъасеб конференциялда гӏахьаллъулел руго Россиялъул батӏибатӏиял регионаздаса, хӏатта, къватӏисел пачалихъаздасацин тохтурзабиги гӏалимзабиги. Гьез бицунеб буго ковидалъ унтун хадуб черх загӏиплъичӏого букӏине щиб гьабизе кколебали, кӏвар буссинабулеб буго вакцинациялде. Вакцина гьа- биялъул иш нилъер республикаялда дагьаб нахъе ккун буго. Гьаниб гӏалимзабаз чӏванкъотӏун бицунеб буго гьелъул зарал гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъги. Жакъа комплексалда рагьараб скульптураялъул композицияги ккола вакцина ургъарал гӏалимзабазул ва ковидалда данде къеркьарал тохтурзабазул хӏурматалда лъураб, -ан бицана «Журавли» комплексалъул хважаин М. Мухӏамадовас.\nТӏадеялъул комплексалда къабул гьаризе руго цереккун ковидалъ унтун рукӏарал сахлъи цӏуниялъулгун гӏелмиял хӏалтӏухъаби гурелги, сахлъи щула гьабизе рес гьечӏел гӏадатиял гӏадамалги.\nТемирхан ХӏАСАНОВ"}
{"slug": "13971-oktyabral-vishchize-vugo-melikov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13971-oktyabral-vishchize-vugo-melikov", "title": "Октябралъ вищизе вуго Меликов", "date": "2021-09-23 10:44:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Депутатазул цӏияб корпусалъ цӏар чӏвазе буго республикаялъул бетӏерасда\nРеспубликаялъул цӏияб парламент гӏуцӏун хадуб, 14 октябралда депутатаз вищизе вуго ДРялъул цӏияв нухмалъулев. Халкъияб Собраниялъ гьоркьоб лъезе букӏине лъабго чиясул кандидатура бихьизабун буго президент Владимир Путиница. Гьел ккола гьабсагӏат республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовги, парламенталъул вице-спикер Камил Давдиевги ва ДРялъул Рищиязул комитеталъул член Самир Гӏабдулхаликъовги.\nГьев лъабасулго цоясда депутатаз цӏар чӏвазе бугеблъи хӏакъаб бугин бицана «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул бетӏерав редактор, публицист Рамазан Ражабовас. Республикаялъул бетӏерлъиялде рихьизарурал кандидатурабазул цӏарал Путинихъе ритӏула регионалияб парламенталъул партияз.\nГьединаб буго законалъул къагӏида. «Единая Россиялъ» вихьизавуна Сергей Меликов, «Справедливая Россия» партиялъ цӏар чӏвана Камил Давдиевасда, коммунистаз вакил гьавуна Самир Гӏабдулхаликъов.\nГьениб ургъизе яги щакдаризе хутӏараб жоцин гьечӏо. Рищиязда бищун цӏикӏкӏун гьаркьал щвараб «Единая Россия» партиялъул депутатаз Меликов вищизе вукӏин хӏакъаб жо буго. Гьединлъидал щибго щаклъи гьечӏо Меликов республикаялъул бетӏерлъун тасдикъ гьавизе вукӏиналда, ян бицана Р. Ражабовас.\nГьединго Сергей Меликовас РФялъул Федерациялъул Советалде битӏун буго нилъер республикаялъул рахъалдаса сенаторлъун вукӏине вугев лъабго чиясул кандидатураги. Гьел ккола Ильяс Гӏумаханов, республикаялъул Росдал магӏишаталъул университеталъул ректор Зайдин Жамбулатов, Халкъияб Собраниялъул вице-спикер Елена Ельникова. Сенаторлъун Ильяс Гӏумаханов вищизе вукӏиналдаги лъилго щаклъи батиларин ккола. Гьев вуго политикаялъулаб аренаялда цевегоялдаса нахъе вугев, хӏалбихьи бугев чи. Федерациялъул Советалъул нухмалъулей Валентина Матвиенкол заместительлъун вукӏарав чи хӏисабалдаги цӏикӏкӏун ресал руго гьесул сенаторлъун вачӏине, ян рикӏкӏунеб буго «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул редакторас."}
{"slug": "13972-khasel-shcholeb-bugo-khinl-i-bokun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13972-khasel-shcholeb-bugo-khinl-i-bokun-bugo", "title": "Хасел щолеб буго,хинлъи бокьун буго", "date": "2021-09-23 10:46:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хасалоялде республика хӏадурго бугищ-гьечӏищали абураб суал гьоркьоб лъураб данделъи тӏобитӏана Сергей Меликовас 21 сентябралда. Гьелъие гӏоло гӏуцӏараб хасаб комиссиялъул вакилзабиги ракӏарун, гӏатӏидаб данделъи букӏана Хӏукуматалъул минаялъуб.\nМуниципалиял идарабаз кьурал хӏисабкьеялъул баяназда рекъон, хасалиде нилъ хӏадурун ругин 89 проценталъин абуна республикаялъул бетӏерас.\nГъоркьиса, дида ракӏалда буго, ракьхасало чанги чи цӏорон холел хутӏана, рокъоса хинлъиги тӏагӏун.\nИсанаги гьединаб ракӏбакъвай гӏадамазе щвечӏого букӏине, цебеккунго дирго бербалагьиялде гъор- кье босана дица гьеб суал, ан абуна С. Меликовас.\n– Мисалалъе, хасел тӏаде щведал ракӏалдаго гьечӏел гӏунгутӏаби ккола цоцо бакӏазда. 1 ноябралдехун кинабго хӏадурун букӏине ккола, кьиндал гӏадамал хинлъиги тӏагӏун хутӏичӏого рукӏине, ян абуна гьес хадубги.\nМеликовас бицана «ПАО «Россети Северный Кавказ» гӏуцӏиялъул Дагъистаналда бугеб «Дагэнерго» филиалалъ 891 миллион гъурщиде хӏалтӏаби байбихьун ругин хасалоде муниципалитетал хӏадурго рукӏине. Кинабниги 35 районалда гьабулеб буго гьеб хӏалтӏи «Дагэнергоялъ».\nГьединго нилъер республикаялда буго коммуналиял хъулухъазул идараби хасалоде хӏадурлъиялъул рахъалъ гӏуцӏараб хасаб штабги.\nГьелъ гьабураб хӏалтӏул хӏисаб кьуна ДРялъул Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас.\nГьес бицана цӏорораб заманалда гьоркьоса къотӏичӏого хинлъи кьолеб хӏалалъ хӏалтӏулел рукӏинелъун, киналго котельныял къачӏазе 105 миллион гъурущ биччанин батӏи-батӏиял шагьаразеян.\nМисалалъе босани, гьеб гӏарац щун буго Гъизилюрт, ДагОгни, Хасавюрт ва Каспийск шагьаразе.\nГьединлъидал, 100 проценталъ гьечӏониги, 89 проценталъгӏаги республика хӏадурго буго хасало нилъеда цӏорой хъвачӏого кьин нухда тӏамизе. Гьанже гьеб 11 проценталъ ракӏбекизабилареб батила нужерги. Цӏакъго хӏалккани, гьоркьогьоркьобгӏаги магӏарухъеги раккизе бегьула. Доба боркьараб печрукъги, коронибе бараб картошкаги, кьиндалил халатал сардаз бицунеб аваданаб хабарги букӏина. Воре, цӏорозе чӏоге."}
{"slug": "13975-dryal-ul-khiukumatal-ul-predsedatel-khunzakh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13975-dryal-ul-khiukumatal-ul-predsedatel-khunzakh", "title": "ДРялъул хӏукуматалъул председатель-Хунзахъ", "date": "2021-09-23 10:54:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов щвана Хунзахъ районалде.\nПачалихъияб Думаялде ва республикаялъул парламенталде рищиязда гьаракьги кьун, Гӏ. Гӏамирхановас районалъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб данделъи тӏобитӏана.\nРайоналда гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Нюсрет Гӏумаровас. Гьесул рагӏабазда рекъон, ахираб соналда муниципалитеталъ хӏаракат бахъулеб буго республикаялъул проектазулъ ва программабазулъ гӏахьаллъизе. Гъоркьиса республикаялъул инвестициязул программаялде босун букӏана лъабго объект, 2021 соналда 12 объект босана. Гьелда рекъон базе буго лъабго школа ва щуго бакӏалде бачине буго газ.\nХӏукуматалъул вакилзабаз хал гьабуна Хунзахъ №1 школалъухъги.\nГьелъул директоралъ бицана классал гӏолел гьечӏин, богорукъ басралъун бугин.\nПремьер-министр щвана Гӏахьалчӏи росдал школалдеги. Гьеб баралдаса кватӏичӏого нусго сон тӏубала. Росдал гӏадамаз гьесда гьарана цӏияб школа базе кумек гьабейин абун.\nДРялъул хӏукуматалъул председатель щвана райбольницаялдеги. Тохтурзабаз бицана больницаялда ругел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "13976-tiad-tolel-khiakimzabi-khialkiun-l-ikial-ralage", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13976-tiad-tolel-khiakimzabi-khialkiun-l-ikial-ralage", "title": "Тӏад толел хӏакимзаби хӏалкӏун лъикӏал ралагье", "date": "2021-09-23 11:02:36", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Рагӏад битӏуларебин,\nТӏил гьетӏараб бугони,\n— Тӏад толел хӏакимзаби\nХӏалкӏун лъикӏал ралагье» —\nян хъвана магӏарул адабияталъул классик Цӏадаса Хӏамзатица 1921 соналдаго «Советазде щал рищизе кколел?» абураб жиндир кочӏол асаралда. Гьелдаса нахъе ана 100 сон.\nРищиял нилъер гӏумруялда лъугьана кидагосел лъугьа-бахъиналлъун.\nГьездехун щивасул букӏуна батӏи батӏияб бербалагьи – цояз депутатлъиялде кандидатазул щулияб рахъги ккун, кьола гьаракь, цогидаз – гьезде дандечӏун рехула бюллетень, цогидалин абуни, гьеб иша лъул жиндие щибниги ургъел гьечӏеб гӏадин, гӏахьаллъиго гьабичӏого чӏола.\nАмма цӏикӏкӏарасез гӏумру лъикӏаб рахъалде хисизабиялде божилъигун жигаралда тӏамула рищиязул къо.\nЩайгурелъул Россиялъул Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул Халкъияб Собраниялде рищарал депутатаздаги бараб бугелъул нилъер халкъазул рукӏа-рахъиналъул даража ва роцӏараб букӏинеселде божилъи.\nДагъистаниязе рищиял кидаго рукӏана ва руго кӏвар бугел политикиял лъугьа-бахъиналлъун.\nГӏумруялъул кигӏан захӏматал шартӏал ругониги, тӏолгодагъистаналъул букӏа, цо районалъул, цо шагьаралъул даражаялда гьарулел ругониги, нилъер халкъаз хӏаракат бахъула гьезда жаниб жидерго пикру загьир гьабизе. Россиялъул цо-цо бакӏазда букӏунеб гӏадаб ургъел-агъаз гьечӏолъи нилъер миллатазе хасиятаб гьечӏо. Гьединаб жигарчилъи бижиялъе ругел гӏиллабазул цояблъун, дир хӏисабалда, ккола нилъерго миллаталъул букӏа, къавмалъул, тухумалъул чи дагъистаниясе кумек гьабизе, гьесул рахъ кквезе бугеб гъира. «Дагъистаналда тухумчилъи тӏагӏинабизе ккола», ян цо-цо политиказ цере рехулел пикраби кидаго гуро ритӏарал ратулел, щайгурелъул лъикӏаб магӏнаялда босун ургъани, гьелъулъ руго гӏемерал лъикӏал рахъалги. Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб ккола миллаталъул цолъи, гъунки бихьизабулеб гӏаламат. Бокьараб миллат цолъараб бугони, тӏолго Дагъистанги цолъараб букӏуна. Кӏиабизе бугони, гӏумруялъул цо кинаб бугониги бутӏаялда хӏалтӏулес гьенире жиндирго гӏагарал –гӏунтӏарал рачин – гьеб ккола гьес гьезие гьабулеб кумек. «Коммерсант» сайталъул мухбирасе Дагъистаналъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовас кьураб интервьюялда гьес абулеб буго: «Мисалалъе кӏудияв вехьас жиндирго гӏагарал гьеб хӏалтӏуде рачин – гьеб кколищ тухумчилъи? Ккола. Гьеб лъикӏищ бугеб, квешищ? Лъикӏ буго. Дир инсул эмен вукӏана офицер, эмен вукӏана офицер, дун вуго офицер, дир вас – офицер. Гьесул васги вахъине бегьула офицерлъун. Гьединго тохтурзаби росани – бетӏерав тохтур эмен вугони, гьес гьенир хӏалтӏулел жиндир васасул яги ясалъул махщел дагьабги камил гьабилародай. Тухумчилъиялъулъ гуро Дагъистаналда иш бугеб, иш буго гьезул щивас гьарулел лъикӏал ва квешал ишазулъ», ян.\nРищияздаги цо рахъалъан гьеб гӏиллаялдалъунги гӏадамал цо гӏадин рахъуна жидер гӏумру лъикӏ гьабилин гьасин ракӏалде ккарасе, ялъуни партиялъе гьаракь кьезе.\nГьединлъидал, гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро гьал рищияздаги нилъер гӏадамаз жигараб гӏахьаллъи гьабиги. Гьеб ккола улкаялъул букӏа, республикаялъул букӏа нухмалъулездехун божилъи букӏиналъул гӏаламат.\nЖакъасел нилъер нухмалъулезде гьеб божилъи тӏадеялдаса тӏаде щулалъулеб бугин абизе бегьула, бакӏалдасан рачӏарал ва гьединго жамгӏиял гӏуцӏабаз цере лъурал масъалаби тӏуразе гьез гьабулеб хӏаракаталде ва гьезие халкъалъ кьолеб къиматалде балагьун.\nИсанасел рищиязда цереккунисезде данде ккун загьирлъана чӏаголъи, жигарчилъи ва гӏадамазул жидеда тӏадаб борч тӏубазабизе ва Конституциялъулаб ихтияр гӏумруялде бахъинабизе бугеб хӏадурлъи.\nГьал рищиял дандчӏвана нилъер жамгӏияталда квешаб вирусалъул унтиялъ ханлъи гьабулеб заманалда. Избирателазул участкабазде щведал, бихьулеб букӏана гьаракь кьей гӏуцӏараб къагӏидаялда ин мурадалда гуребги, коронавирусалде данде гьарулел тадбиразулги ракӏа-рахари букӏинги.\nАслияб куцалда рищиял квеш инчӏин абизе бегьула. Гьелъие нугӏлъи гьабуна къватӏисел пача- лихъаздаса рачӏарал нуснус наблюдателазги. Кигӏан нахулъ рас балагьизе гьезие бокьун букӏаниги, ритӏухълъиялъе гьел мукӏурлъана.\nАмма цо-цо гӏунгутӏаби камунги, узухъда, рукӏинчӏо. Тӏоцебеб иргаялда гьел рухьарал руго рищияздаса рищиязде жидеца рищулезул сияхӏал мухӏкан гьарулел гьечӏолъиялда.\nМасала, чанго сон буго дир ниж жанире кколеб Махӏачхъалаялда Кировский районалда избирателазул участокалде рищиял ругеб къоялъ гьаракь кьезе унеб, амма цебе-цебеги гьениб цӏар батичӏого, тӏадеги гьабулеб сияхӏалда хъвалеб дир цӏар, гьал рищияздаги гьединго гьабизе ккана. Гьеб ккола районалъул админстрациялъул хӏалтӏухъабазул тӏалаб гьечӏолъиялъул хӏасил. Гьединал рахъазде хадубккун кӏвар бусинабизе ккей хӏакъаб буго.\nКин бугониги, ракӏалде ккола гьаб нухалда Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул Халкъияб Собраниялде ва бакӏазде нилъеца рищарал депутатаз нилъер гӏумруялъул даража борхизаби мурадалда гъеж гурараб хӏалтӏи гьабилилан. Киналго рищаразда баркула ва халкъалъул божилъи ритӏухъ гьабизе гьезие тавпикъги гьарула.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "13977-chiagoyab-dag-istan-suruk-algi-l-ikialgi-rakh-al", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13977-chiagoyab-dag-istan-suruk-algi-l-ikialgi-rakh-al", "title": "«Чӏагояб Дагъистан». Сурукъалги лъикӏалги рахъал", "date": "2021-09-23 11:05:21", "categories": ["gara"], "text": "ДРялъул Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Москваялдаса журналист Владимир Севриновскиясул тӏехьалъул хӏакъалъулъ цебелъей (презентация).\nИчӏго соналъ Дагъистаналдеги хьвадун, гьес данде гьабураб тӏехьалда цӏар лъун буго «Чӏагояб Дагъистан» абураб. Гьенире росун руго нилъер тӏабигӏат-гӏамалалъул, рукӏа-рахъиналъул, квен-тӏехалъул ва цогидалъул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял басмабазда рахъарал макъалаби.\nРоссиялъул киналго регионазда гьоркьоса хас гьабун Дагъистаналъ жиндир рекӏелъ ккураб бакӏалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Владимир Севриновскияс «Хӏакъикъат» газеталъе:\nДида ракӏалде ккана Россиялъул киналго регионаздеги щун, гьезул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе. Гьедин, чанго соналъ цебе къватӏибе бачӏана «Люди на карте. Россия: от края до крайности» абураб тӏехь.\nХадуб хӏукму ккана гьел киналго бакӏазда гьоркьоса хас гьабун цоялда тӏадчӏей гьабизеги. Кигӏан цӏакъ улкаялъул цогидал регионал рокьулел рукӏаниги, дица Дагъистан тӏаса бищана. Щайгурелъул культураялъул, тӏабигӏаталъул ва цогидалъул рахъалъ интересаб регион букӏин гуребги, сапаралъ рахъине бигьаяб, санагӏатаб бакӏ буго гьеб.\nДоб мехалда, 2012 соналда, Дагъистаналъул имиджги батӏияб букӏана – республикаялда бугеб унгоунгояб ахӏвал-хӏалги Россиялда гӏадамаз гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб хабарги тӏубан данде кколароан. Дие бокьун букӏана гьеб пикру хисизабизе.\nГьединлъидалин дун ункъо соналъ Дагъистаналда гӏумру гьабунги чӏун вукӏарав. Хадубги щибаб соналъ гӏадин щолаан гьаниве.\nТӏехьалда буго ахираб ичӏго соналда жаниб данде гьабураб материал.\n— Цо халкъалде яги цо росу-ракьалде цӏикӏкӏун кӏвар кьун бугищ гьениб?\nГьедин ккечӏого букӏине хӏаракат бахъана. Шагьаралги, росабиги, миллаталги, нужер халкъазул рукӏа-рахъинги, мугӏрулги, авлахъалги, ралъадги бащадго бихьизабун буго.\nДагъистаналъ гӏажаибаб асар гьабула дие. Тӏубанго батӏи-батӏияб тӏабигӏаталъул бакӏ ккола гьеб. Масала, тӏолабго северияб рахъ буго авлахъазул цӏураб. Мугӏрузда гӏумру гьабулеб буго республикаялъул гӏадамазул бащдалдаса цӏикӏкӏараб къадаралъ.\nШагьаразулги буго жиде-жидер хаслъи. Хасго дие рокьулел шагьаразул цояб Махӏачхъала буго хӏатталдаса ун гӏажаибаб, ракӏ тӏаде цӏалеб шагьар. Амма тӏоцеве Махӏачхъалаялде щведал, виххун хутӏун вукӏана, дун ккараб бакӏго щибин, хъатамасан лъутизе кколин гьанисаян. Дагь-дагьккун бичӏчӏана гьеб гьайбатаб шагьар букӏин. Гьединабго батана Дербентги.\nАмма дие цӏикӏкӏун росаби рокьула. Масала, кутакалда хирияб Чечень чӏинкӏиллъиялда бугеб росу.\nМахӏачхъалаялъул Кировский районалда гъорлъе уна гьеб, гьелдаса гӏезегӏан рикӏкӏад букӏаниги.\n— Дуца абуна Махӏачхъала гӏажаибаб, ракӏ тӏаде цӏалеб шагьар кколин. Гӏажаибаб архитектураялдалъун гуребги, цоги сундалъун гьеб ракӏ тӏаде цӏалеблъун бугеб?\nГьелъул архитектураялъ лъикӏаб асар гьабулин дица абиларо. Гьелъул гӏаксалда, дир ракӏ унтула Махӏачхъалаялда замазаманалдасан гъутӏби къотӏулел рукӏиналдаса, АкГель хӏор къунеб букӏиналдаса.\nАмма асар гьабула Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулел гӏадамаз. Тӏаде балагьун гьел батӏи-батӏиял руго – диналъул, миллаталъул, рукӏа-рахъиналъул, жидедаго цере лъурал мурадазул рахъалдасан. Рукӏаниги, бахиллъизе бачӏуна гьезул рагӏидандеккеялда, гъункиялда. Масала, руго цӏакъго диниял чагӏазул горсвериял, руго коньяк-чагъир гьекъон аваданлъи гьабизе гӏадамал хьвадулел дискотекабиги, философазул клубалги. Гьединал контрастал къваригӏарал чагӏазда гьел ратизе рес буго Махӏачхъалаялда. Амма лъалев чи цадахъ гьечӏони, гьенире рорчӏизе захӏмалъула.\n— Ичӏго соналъ данде бакӏарараб материал инчӏин гьеб тӏехьалдейин абулеб рагӏана. Масала, щиб инчӏеб?\nТӏехьалъе бакӏарулеб материал тӏадеялдаса тӏаде гӏемерлъулеб букӏана. Гьале гьанже гьеб басма- ялда бахъун хадубги чанго макъала хъвана дица Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Азарго экземпляралъул тиражгун биччараб гьеб тӏехь бичун ани, ракӏалда буго тӏаде бачӏараб материалги гъорлъе бачун, цӏидасан биччазе. Цо-цо жал гьениса нахъе рахъана композициялъул рахъалъ дандеккечӏого. Цогидал макъалаби тӏехьалде инчӏо дидаго гьенире росизе кӏочон теялъ. Масала, гьезул цояб ккола «Лезгинка» ансамблялъул вукӏарав тӏоцевесев солистасул хӏакъалъулъ хъвараб хабар.\nГьев гьабсагӏаталда Америкаялда вуго гӏумру гьабун. Кутакалда рекӏекълъун вуго дун гьедин ккеял- даса.\n— Тӏехь цӏалараз бицана дуца гьениб щибго балъго гьабичӏого, сурукъалги лъикӏалги рахъал ругеб куцалда рихьизарун ругин.\nХварав чиясул хӏакъалъулъ лъикӏаб гурони, квешаб бицине бегьуларин абула. Гьеб тӏехьалда цӏар «Чӏагояб Дагъистан» бугелъул, чӏагояб жоялъул хӏакъалъулъ лъикӏабги квешабги бицине ккеларищха.\nДие цӏакъ рекӏее гӏуна Катя Капустиналъ (Екатерина Капустина,\nСанкт-Петербургалдаса этнограф – авт.) Дагъистаналъул рахъалъ загьир гьарурал пикраби: «… в первый раз я не очаровалась, так как мне это было чуждо.\nА на следующий год влюбилась по-настоящему. Меня завораживало буквально все. Любой чабан мог уйти за мечтой и поступить в институт. Никто не сидел на месте, все что-то делали, и, пусть у них часто не получалось, для меня фраза «на движениях» — до сих пор синоним Дагестана. Потом первая влюбленность прошла, страсти поутихли. Я обнаружила, что любимый и храпит, и косолапит. Если этот момент преодолеть и не разочароваться, то любишь уже со всеми недостатками. Сейчас я все равно что старая жена, которая может прикрикнуть: «Не чавкай!» — но это тоже от любви. Хотя множество мелочей меня страшно бесит».\nГьеб макъалаги босун буго тӏехьалде. Катял рагӏабазул магӏна ккола гӏунгутӏаби рукӏаниги рукӏинчӏониги, гьелъие Дагъистан кутакалда рекӏее гӏун букӏин, гьелда гьеб тӏокӏкӏун лъан букӏин.\n— Махӏачхъалаялъгун Чечень чӏинкӏиллъиялъ тун батӏияб, цоги кинаб росу-ракьалъ мун асир гьа— вурав?\nЮждагъалда бугеб Кӏусур росдаца (Рутул районалда бугеб магӏарулазул росу; гьелъул гӏадамал гочун руго Бабаюрт районалъул Гъамбулат хъутаналде – авт.). Амма дир рекӏее бокьичӏо исана хасало гьениса ахирисев чи нахъе ун вукӏин (гъоркьисагицин лъабго-ункъо чи вукӏана гьенив – авт.).\nГьединлъидал кигӏан дие цӏидасан дове ине бокьаниги, янгъизго хутӏарал минаби рихьани, кутакалда захӏмалъизе буго рекӏее.\n— Хӏукуматалъ машинадул нух бахъаницин жал росулъе руссинин абулеб букӏана гьеб росдал гӏадамаз.\nЯндекс картаялда бихьизабулеб буго Кӏусуралде гьединаб нух букӏин. Лъаларо, хӏакимзабаз документазда бихьизабун батилаха гьенибе нух бахъун бугилан. Палхӏасил, ахираб заманалда дун гьеб рахъалде, Юждагъалде, гӏемер щола. Щайгурелъул бакътӏерхьул Дагъистаналда лъаларебги, дица хӏетӏе чӏечӏебги бакӏ хутӏун гьечӏо.\n— Тӏехьалде тӏадруссани, гьелдаса кинабгӏаги разилъи гьечӏолъи хутӏун бугищ дур?\nАвторасул кидаго букӏине ккола гьеб – жиндирго асаралдаса разилъи гьечӏолъи, дагьа-макъабниги ракӏ рекъонгутӏи. Гьединго дидаги ракӏалде кколеб буго байбихьуда – гьанжего гьанже Дагъистаналдеги щун, рохалил цӏураб асаралъ кодове восун хъварал макъалабазулъ цо жо гӏолеб гьечӏин, гьанже – республика цӏикӏкӏун лъайдал, дица гьел батӏайисан хъвалаанин.\nДагъистаналъул хӏакъалъулъ хъвазе хӏисабалде босараб аслияб материал хӏадурун бахъаниги, рес кканщинахъе дун щвезе вуго нужехъе.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "13978-bugelda-shukru-gabize-l-alaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13978-bugelda-shukru-gabize-l-alaro", "title": "Бугелда шукру гьабизе лъаларо", "date": "2021-09-23 11:07:10", "categories": ["obshestvo"], "text": "Халкъалъул гӏумру лъикӏлъизабизелъун чанго батӏияб миллияб проект, программа хӏалтӏизе биччан буго нилъер улкаялда. Ахирал соназда гӏезегӏанго хӏалтӏи гьабун рагӏалдеги бахъана республикаялда.\nКвегӏенлъаби цӏикӏкӏанагӏан араб заманалъухъ угьдилел рукӏуна нилъ, жакъа бугелда шукру гьабизе лъачӏого.\nДица гьаниб мухӏканал баянал кьеларо щиб бутӏаялда кигӏанасеб хӏалтӏи гьабулеб бугебали. Пикру гьабулев чиясда гьеб цебетӏей бихьула. Амма щибаб рахъалда жанире лъугьун халгьабуни, гӏунгутӏабиги камилищха.\nБитӏахъе хӏикмалъула нилъер бусурбабазул кӏвахӏаллъи, кӏигьумерчилъи бихьидал. Дагьаб цӏикӏкӏун заманалъ цого бакӏалда хӏакимлъун хутӏарав чиясда гьеб бакӏ жиндирго магӏишатлъун бихьула. Дагьавниги нечечӏого хӏукуматалъул чвантинибе гьес квер бегьи — гьебги гӏадатияб жолъун гьечӏищха. Гьединазул чангоязул кверазда маххалги рана ахирал соназда, амма кинго кантӏуларо, цӏитараздаги ратула бикъа-хъа— миялъе батӏи-батӏиял нухал. Хадургъун ругеб куц, халкъалъул гӏумру лъикӏлъизабиялъе биччараб, хӏукуматалъул буголъи хӏулизе, гьел намуслъуларел куц тӏадчагӏазе хӏелизе. Пачалихъалъул гӏуцӏиялда гӏайиб чӏвазе гӏедегӏула, гӏунгутӏаби цӏехола, нилъецаго гьабулебщинаб борцунаро щивасул намусалъ.\nГьитӏинавниги кӏудиявниги чан хӏакимдай вуго, Къуръаналда квер лъун, жиндир ритӏухълъиялъул рацӏцӏен кьезе кӏолев. Бусурбабиянги рукӏуна нилъ.\nМаданияталде цо-цо бакъул чӏор\nМиллиял проектазе риччарал миллиардаздаса культура цебетӏеялъе бихьизабураб бутӏаялъул цо-цо къатӏраби щолел руго магӏарухъеги.\nДагъистаналъул гьумер, тарих, гӏасрабазул лъалкӏал рагьула маданияталъул гьунарчагӏаз. Росдал гьумер райцентралда, районалъул хаслъи республикаялда, республикаялъул бечелъи улкаялъеги рагьулел кӏудияб рагӏдукь руго гӏемерал соназ.\nЛъиего балъголъи гуро, руго росабалъ чӏунтарал клубал, гьенир «хӏалтӏулин» абун харж босулел «гьунарчагӏи». Гьел рукӏинцин кӏочонеб буго жалго жамагӏатазда, гьечӏелъул жаниб тӏобитӏулеб щибго тадбир. Гьединаб цо идараялде щолеб буго бакъул чӏор гьунаралъул махӏ, росдал маданияб хаслъи гьечӏеб бакӏалде миллионалги риччан къачӏалеб буго культураялъул кӏалгӏа.\nЩибизейин бижулеб буго суал. Кинаб комиссиялъ, сундул хӏисаб гьабун гьеб хӏукму къотӏараб? Гьебго заманалда буго цоги росдал маданияталъул рукъ, чӏунтизе течӏого санайил бегавуласул хӏаракаталъ къачӏалеб, районалъул гуребги, республикаялъул рухӏияб хазиналъун бугеб хаслъи жаниб цӏунараб, цо гьоркьор течӏого байрамазул тадбир жамагӏаталъе гӏуцӏулеб. Гьеб жамагӏаталъул гьечӏо росулъа рахъарал министрал, чемпионал, чӏахӏиял трибунаялде рахунел депутатал. Гӏарац бикьакъотӏулел тӏадчагӏазда гьеб хӏаракатчилъи бихьуларо. Гьеле гьеб буго миллиял проектазул кумек бищунго хӏажаталъубе щунгутӏиялъе, гӏарац унеб бакӏалда хадуб мухӏканаб халкквей гьечӏолъиялъе хӏужалъун. Цоги мисал лъикӏаб, кӏудияб жамагӏаталъе щвана культураялъул кӏалгӏа цӏи гьабун къачӏазе миллияб проекталъе биччараб гӏарац. Бахилаб хӏалалъ къачӏала маданияталъул мина. Гьез- ги гьелъухъ баркала кьола жидерго росулъа хӏакимасе, хӏукуматалъе гуро. Пуланав чиясул баракат бугилаха гьаб. Гъосул чвантинисайищ бачӏараб гӏарац клуб къачӏазе?\nХӏукуматалъ халкъалъе гьабулелъулги цӏар хӏакимасе щвезе кколеблъиялде ругьунлъун руго нилъ.\nГьединал мисалазин гӏадатияб хал къалъул божилъиги холеб тӏадчагӏазде.\nЧорокаб квералъ хъубаб квер чурулаго…\nГрантал, проектал, программаби, субсидиял кьун ругелщинал ресал магӏишат-яшав лъикӏлъизабизе бокьаразе! Амма пайда щиб, гьел хӏалтӏизарулел гӏемерисезул ният бацӏцӏадаб гьечӏолъиялъ чӏунталиде ккун буго росдал магӏишат. Буго цо тайпа гӏадамазул гьел киналниги программабазда рекъон жидеего пайда тӏалаб гьабулел. Кагътида кутакалда мухӏканго бихьизабула гьез жидеца росдал магӏишат борхулеб иш гьабизе бугин. Йохъ, гьезул анцӏгоязда гьоркьоса цоясги гӏезабуларо ах, хьихьуларо боцӏи, рекьуларо хурзал! Гьеб гӏарцухъ гьез росула машинаби, багьаяб холодильник, эхетула чӏухӏараб каву-къед, кьучӏ лъола шагьаралда мина баялъе. Ахги фермабиги кагътида рукӏуна, ракьулъ седаралги гъутӏби хъулухъ гьабичӏого ракъвала. Хадур актал гьарула, гьава-бакъалъул битӏгьечӏолъиялъ хӏайванал, ах-хур «хола» ва. гь. ц. Кагътица кинабго хӏехьолелъул, гъулбас гьабулев чи нилъерго вугони. Хӏукуматалъул кумек щун лъикӏаб магӏишат гӏуцӏаралги камун ратиларо, гьебги щвечӏого магӏарухъ лъикӏаб яшав гьабулезулги мисалал жеги цӏикӏкӏун руго.\nГьадинал макъалабаздаса хадуб, дуца чорокаб политикаялъул хӏукумат беццулеб бугин, халкъалъул масъалабазул бицунеб гьечӏин гӏайибал чӏвалел чагӏи камуларо.\nПолитикаялъул иш лъаларо, лъазе тӏалабги гьабуларо. Кӏудияб гӏелму хӏажалъиларо «хӏалтӏулес хӏанчӏулеблъи» лъазеги.\nКутакалда къапун оппозициялда вугин живан рикӏкӏунев чи вукӏана хӏукумат какун зигардизе вачӏун. «Динги гьукъун гьечӏо, гӏелму-лъай тӏалаб гьабизеги рес буго, магӏишат-яшав гьабизе бокьаразе хӏукуматалъул кумекги буго. Сунцаха квалквал гьабулеб бугеб дур яшав цебетӏеялъе? Кидаго какдолев вукӏинчӏого, гӏезабе ах, бекье хур, лъица гьукъун бугеб умумузул кулиги цӏи гьабун гьениб дурго магӏишат гьабизе?» ян гьесдаса «сурав» босизе лъугьана дун. «Щиб багьана батунги дие нух кьолеб гьечӏо цевехун ине, гранталги, лъикӏалщинал программабазда рекъон щолебщинабги цого къавмалда гьоркьоб бикьулеб буго. Гьезул чамалиго ригьзалги руго, рагьтӏа чӏухӏарал машинабиги руго», ян абулев «оппозиционерасда» тӏуянго разилъичӏогоги рес гьечӏо. Чорокаб квералъ хъубаб квер чурулаго хӏабургъинабулеб буго лъикӏабщинаб.\nГьаниб гурищ бугеб алжанул гӏаркьел\nНилъер заманалда рес буго къватӏисел улкабазул гӏумру бихьизе, гьелда данде нилъерабгоги кквезе. Гӏемериселъул хӏисаб гьабидал, Дагъистан алжанул гӏаркьел бугин шукру гьабула. Къварилъиялда бугеб халкъалъул захӏматаб яшав телевизоралдасан, жамгӏиял гьиназдасан бихьидал, ракӏалде щола хъахӏцӏахӏилал, тӏогьилал автобусазда рекӏун магӏарухъа шагьаралде рачӏунаго, нухда микьго сагӏат балеб букӏараб заман. Хӏалтӏулаб сапаралъ унаго гьанжеги Дагъистаналда гӏезегӏан ратула горбода мусру бухьун машина бачунел бакӏал. Шоферлъиялъул махщел цӏаличӏониги щолеб гьаб заманалда, цӏакъго кӏудияб хӏинкъи буго гьел нухаздаса хьвадулезе. Гьединал нухал ратана исана Бежтӏе унагоги.\nШамил районалде церегоялдаса нахъе лъикӏал нухал рукӏана, заруца хӏакимзабазул остол бухун халкъалъе гӏоло кӏалъалев Суракъат Асиятилов депутатлъул вукӏиналъги батилаха. Гьанже гьел шагьранухал гьенибе гуребги, киналго районазде лъикӏлъун руго. Мисалалъе, ракӏалде щола гьаб гӏасруялъул байбихьуда Чӏараде, Лъаратӏе, Гумбет районазде рукӏарал захӏматал нухал. Жакъайин абуни гьенире унаго ракӏ бохула бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго гьеб рахъалъ республикаялда. Руго цо-цо кепал мисалалги. Къого цӏараки гьечӏеб росулъе нух гӏатӏид гьабун буго гӏемерал миллионалги риччан. Гьебго нух, росдал бегавуласул хӏаракаталдалъун, машина бачине щибго квал-квал гьечӏеб къагӏидаялъ къачӏан мех бан букӏинчӏо. Гьитӏинаб росулъе сверулеб бакӏалде щвезегӏан бугеб аслияб, чамалиго росулъе машинаби хьвадулеб, хӏинкъи цӏикӏкӏарал бакӏал гӏемераб нухде цо гъурущ биччалеб гьечӏо. Проекталда рекъон жидер гьелъие изну гьечӏила. Лъил интересазе гӏоло бахъараб нух гьеб?\nГьелъие жаваб щоларо квералъ квер чурулезухъа. Релъулаго гӏодизе бегьулеб суал гьечӏищха.\nХӏукумат какизе лъугьуна нилъ\nЛъай кьеялъул бутӏаялда, сахлъи цӏуниялъул мухъда гьабураб хӏалтӏиги цӏакъ гӏемераб буго. Гьел бутӏабазда хадуб, цебеялде данде ккун, цӏикӏкӏараб халкквейги гьечӏищха. Нилъеца гьелъул бицуна- ро, гьеб хӏукуматалда тӏадаб жо бугинги абун. Цебесеб хӏукуматалъул гӏуцӏиялдаги тӏалъуларого букӏун батиларо гьеб.\nСанагӏат рекъарабгӏан, квегӏенлъи цӏикӏкӏанагӏан гӏорогунеб буго гӏадамасул намус, чучулеб буго жа- вабчилъи, хъантӏиялъ кверде босулеб буго ракӏ.\nШколлъимал раччизе машина босизе биччараб гӏарцухъ жиндиего «Джип» босулев, ремонталъе би- хьизабуралъухъ жиндирго ригьзал къачӏалев директорги, гьебго намусалъул бегавулзаби, бетӏерал тохтурзаби, яслиязул, клубазул заведующиял рукӏараблъи лъиего балъголъи гуро. Гьанжеги камун ратиларо гьединал. Къуватаздаса байбихьун туснахъалъур лъолел рукӏин бихьаниги, кантӏуларо законалъе.\nМагӏарухъе щвараб мехалъ бихьула гӏумруялъул церетӏурал ва нахъеккарал рахъал. Руго лъикӏал нухал, санагӏалъи рекъарал рукъзал, тарбиялъай кьеялъе, сахлъи цӏуниялъе, спорт цебетӏеялъе шартӏал. Ратила росаби гӏемерал соназ басралъарал масъалаби жанир тӏепарал. Гьеб жибго жамагӏаталъул гӏайиб буго, тӏоцебесеб иргаялда.\nЩай хӏехьезе кколев анцӏанцӏ соназ росдал масъалаби тӏуразарун бажаруларев бегавул? Щибизе ри- щулел, роботаз гӏадин хӏакимасе хӏажаталъуб гурони квер борхуларел, жамагӏаталъе гӏоло рагӏи абизе бахӏарчилъи жиндилъ гьечӏев депутат?\nГьаб эркенлъигун гӏатӏилъи гӏоларого хӏукумат какизе лъугьуна нилъ. Жавабчилъиги цӏикӏкӏинабун, гӏорогараб нилъерго намус буго бацӏцӏад гьабизе ккун.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "13979-meditsinayal-ul-giutsiabaze-33-mashina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13979-meditsinayal-ul-giutsiabaze-33-mashina", "title": "Медицинаялъул гӏуцӏабазе – 33 машина", "date": "2021-09-23 11:10:51", "categories": ["med"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда республикаялъул медицинаялъул гӏуцӏабазе, хӏажатабщинаб къайиялдалъун хьезабураб хехаб кумекалъул 33 автомашина кьуна. Махӏачхъалаялъул, Каспийскиялъул ва республикаялъул цогидалги шагьаралгун районазул медицинаялъул гӏуцӏаби хӏажатал автомашинабаздалъун хьезарулеб тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов, гьесул заместитель Мурад Казиев, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева.\n«Жакъа тохтурзабазе кумекалъе щвана хӏажатабщинаб медицинаялъул тӏагӏелалдалъун ва аппаратаздалъун хьезарурал хехаб кумекалъул машинаби. Инсанасул гӏумруялъе хӏинкъи бугел минутазда гьев сах гьави гӏемерисеб мехалда бараб букӏуна хехаб кумекалъул хъулухъгун хӏажатабщинаб дару букӏиналда ва медицинаялъул лъикӏаб техникаялдалъун хьезабиялда», ян абуна Татьяна Беляевалъ.\nИсана апрель моцӏалда Дагъистаналде вачӏун вукӏарав Россиялъул премьер-министр Михаил Мишу- стинидехун Дербент шагьаралъул больницаялъул хӏалтӏухъабаз гӏарз гьабун букӏана гӏураб къадаралда хехаб кумекалъул машинаби гьечӏин шагьаралдаян. Хӏукуматалъул бетӏерас лъазабун букӏана медицинаялъул къайигун цадахъ хехаб кумекалъул 16 машина босизе гӏарац биччаян. Мишустинил тӏадкъаялда рекъон, хехаб кумекалъул 16 автомашина кьуна Дербент шагьаралъул медицинаялъул гӏуцӏабазде. Кӏиго реанимобильги «В» классалъул хехаб кумекалъул кӏиго автомашинаги тахшагьаралъул, цо реанимобиль – Каспийскиялъул хехаб кумекалъул хъулухъалде кьуна."}
{"slug": "13980-untuka-khiink-ungutii-bakhiarchil-ijishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=13980-untuka-khiink-ungutii-bakhiarchil-ijishch", "title": "Унтукьа хӏинкъунгутӏи бахӏарчилъийищ?", "date": "2021-09-23 11:13:42", "categories": ["med"], "text": "Коронавирусалда данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул статистикияб баяналда рекъон, 20 сентябралде щвезегӏан Дагъистаналда ковидалъ унтун вуго 50699 чи, гьезда гьоркьоса тӏуванго сахлъун больницаялдаса рокъове виччана 46574 чи, коронавирусалдаса хваразул къадар – 2429 чи. Статистикаялъул баяназда рекъон, ДРялда 19-20 сентябралда ковидалъ унтана 117 чи, сахлъун больницаялдаса рокъове виччана 140, хвана 7 чи.\nРоссиялъул регионазда гьоркьоб коронавирус унтиялдалъун бищунго хвел цӏикӏкӏаразда гьоркьоб Дагъистанги (4,79 процент) буго.\nКоронавирусалъ унтаразда гьоркьоб бищунго цӏикӏкӏун хвел ккун буго Краснодар (8,2 процент), Ал- тай (5,31 процент) Красноярск (4,99) краязда, Чувашия республикаялда (6,67 процент), Тульск, Ростов областазда.\nМосква шагьар ва областалда унтаразул къадар цӏикӏкӏараб бугониги, хваразул къадаралъул процент дагьаб буго (1,84 процент).\nДагъистаналда щайха хваразул къадар цӏикӏкӏунеб бугеб? Унтарас жиндир заманалда тохтурасул кумек тӏалаб гьабичӏолъиялъищ яги Дагъистаналъул медицинаялъул къуват гӏоларогойищ? Гьелъие цо чӏараб жаваб гьечӏо. Щивас гӏайиб цоцазде рехула.\nКъойилго гӏадин кьогӏал харбал рагӏаниги, гьеб унтудаса цӏуна къайцин нилъецаги гьабулеб гьечӏо.\nРакӏалде ккола нилъер ракӏал ругьунлъунцин ратилин гьеб къварилъиялде, къойилго рихьулел хвелазде, унтуца кӏвекӏулел гьалмагъзабазул чарахварал гьурмазде.\nПандемиялъул заманалда коронавирусалъ унтун хваразул къавулъе, магӏирокъоре, зигараялъе гӏадамал гӏемер хьвадулел рукӏун ратичӏони, гьанже гьелъулги кӏвар гьабулеб гьечӏо. Масала, коронавирусалъ яги цогидаб унтуца хварав чиясул гӏагарлъиялъ къварилъи ккараб къоялъго лъазабулеб буго, жидеда зигара базе рикӏкӏадаса щивго вачӏунгеян. Бихьиназул рагӏиги гӏадахъ босичӏого, магӏарухъа шагьаралде яги гьениса магӏарухъе магӏирокъоре унел руго руччаби.\nУнтудаса бугеб хӏинкъиялдасаги цебечӏолеб буго гӏадамазда цебе бугеб нич, ругьунаб гӏадат. Гьеб мехалда магӏирукъ лъугьунеб буго вирусал тӏиритӏулеб бакӏлъун.\nГьединаб бакӏалде лъимаде ругел ва чӏахӏияб ригьалъул руччаби гьукъулеб гӏадат билълъанхъизабуни лъикӏаб букӏинаан."}
{"slug": "14077-tiabigiiyal-balagazda-tsebe-nil-er-zagiipl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14077-tiabigiiyal-balagazda-tsebe-nil-er-zagiipl-i", "title": "Тӏабигӏиял балагьазда цебе нилъер загӏиплъи", "date": "2021-09-30 11:27:36", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Араб анкьил ахир цӏакъ рахӏат хвараб бачӏана магӏарухъе. 23- 25 сентябралда рарал кутакал чвахунцӏадаз кӏудияб зарал гьабуна Цӏунтӏа, Цӏумада, Лъаратӏа районазда ва Бежтӏа участокалда гӏумру гьабун ругел чагӏазе. Гӏертӏиниса тӏолеб гӏадин, балеб цӏадалдаса хадуб, доба-гьаниб цун, кӏодолъун бачӏараб гӏоралъ хвезаруна рагӏаллъабазда рукӏарал ахал-хурзал, риххизаруна кьоял, чӏунтизаруна нухал, амма гьелдасаги кӏудияб зарал ккана гӏадамазул минабазе. Гӏурул рагӏаллъуда ран рукӏарал гьел риххизаруна щвараб гӏоралъ.\nМасала, социалиял гьиназда тӏибитӏизабураб видеоялда буго Агъвалиб гӏурул рагӏалда цӏибараб кӏитӏалаяб минаялъе гӏоралъ гьабурал зарал. Гъоркьан кьучӏги чурун, бералда бихьулаго, гӏурулъе бегун ана гьеб. Рукъалда аскӏобго ччугӏа гӏезабулеб бакӏги, цебе ах-хурги букӏун буго гьев чиясул. Гьеб кинабго хъамун ана лъеца. Гьелдаго релълъараб къварилъи ккарал бакӏалги гӏемер руго магӏарухъ.\nТӏабигӏиял балагьаздаса хадуб канлъиги гьечӏого хутӏун рукӏана, тӏадехун бицен гьабуралги малъун, 11 муниципалитеталда гӏумру гьабун ругел гӏадамал. Гьел ккола кинабниги 118 росулъ вугев 65 азаргогӏанасев чи.\n28 сентябралда гьезул гӏемерисел бакӏазде ток кьуна.\nГьелда бан ДРялъул хӏукуматалда гӏуцӏун буго ахӏвал-хӏалалъулаб центр. Гьелъул данделъи тӏобитӏана 26 сентябралда хӏукуматалъул минаялъуб. Гьениб гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалазул рахъалъ министр Нариман Гъазимухӏамадовас бицухъе, чвахунцӏадаз зарал гьабурал районазде 25 сентябралдаго ана кӏиго батӏияб къокъа. Россиялъул МЧСалъул бетӏераб управлениялъулги республикаялъул гьебго министерствоялъулги хӏалтӏухъаби гъорлъ рукӏараб къокъаялъ чӏезабуна киб ва кигӏанасеб къадаралда зарал ккун бугебали.\nКӏиабилеб къокъаялда гъорлъ рукӏана гӏадамазе ккараб зарал лъугӏизабизе ритӏарал МЧСалъул хӏалтӏухъаби – республикаялдаса 103 чиги техникаялъул 42 единицаги, гьединго РФялъул МЧСалъул хъулухъалъул 8 чиги техникаялъул кӏиго единицаги.\nНагагь хӏажалъи ккани, ахӏи тӏаде щварабго къватӏире рахъине хӏадурго ругин жеги 3820 чиги, техникаялъул 891 единицагиян абуна ДРялъул МЧСалъул министр Нариман Гъазимухӏамадовас.\nБицен гьабулел районазде битӏун буго сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъаби тӏад ругеб чанго вертолетги.\nДанделъиялъул ахиралда Цӏумада, Цӏунтӏа, Лъаратӏа районазул ва Бежтӏа участокалъул нухмалъулезда лъазабуна лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине бакӏалъул гӏадамазулгун гьоркьоса къотӏичӏого бухьен кквейин ва гьезул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏел шартӏал гӏуцӏизе тадбирал гьарейилан. Гьединабго магӏнаялъул цогидалги тӏадкъаял кьуна хӏукуматалъул председателасул вице-премьераз ункъабго муниципалитеталъул нухмалъулезе.\nЦӏунтӏагун Бежтӏа: Балакури, Исоъ нухазул сипат хвезабуна, кьоял риххизаруна\nБищунго хӏалуцараб ахӏвал-хӏал букӏанин абизе бегьула Цӏунтӏа районалда. Ункъабго сордо-къо бугин районалда я канлъи, я машинаялъе нухал гьечӏогоян хъвана Фейсбукалда Мокъокъ росулъа чияс 27 сентябралъул къаси. Гьабсагӏаталда гӏемерисел бакӏазде канлъи гьабун бугин бицана «Дидойские вести» газеталъул редактор Адам Гӏалиевас. 28 сентябралда цо чанго росу хутӏун букӏана жегиги токги гьечӏого.\nБежтӏа участокалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана газеталъе муниципалияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Хӏусен Хӏайбулаевас.\n-Гьабсагӏатги тӏаде гирун рачӏунел гьарчалги, зама-заманалдасан ччукӏун рачӏунел гӏеркъалги руго. Гьелъ квалквал гьабичӏогоги хутӏулеб гьечӏо. Нижеца, тӏоцебесеб иргаялда, кӏвар кьуна республикаялъул даражаялъулаб шагьранух къачӏаялде. Гьабсагӏатги хӏалтӏулеб буго чанго техника. Республикаялъул МЧСалъул хӏалтӏухъабиги рукӏана рачӏун хал-шал гьабизе, амма зарал кканщинаб бакӏалде рагӏа-ракьанде щун хал гьабизе санагӏат ккечӏо гьезул, гӏаммаб сураталъухъ берги речӏчӏизабун, нахъ руссун ана.\nБалакури абулеб кӏкӏал буго Бежтӏа росдадаса тӏадегӏан, Шулъгел мегӏералда (Богосский хребет) гъоркь бугеб бакӏ. Гьениб саламатаб росу гӏун буго ахираб заманалда, 100-ниги цӏараки батила. Гьениб кканин абизе бегьула бищун цӏикӏкӏун зарал. Росу къотӏун унеб лъар кӏодолъун, гьелъ рагӏаллъабаздаса гӏебеде ругел минабазе къварилъи гьабуна, нухал хвезаруна.\nГьединго чвахунцӏадаздаса хадуб зарал ккана Исоъ росдаеги – хун руго нухал. Кьоял руго иххица жагъал гьарун, цо-цо бакӏазда дал-далун хутӏун.\n150 метралъул манзилалда хвезабун буго Цӏунтӏа районалде унеб шагьранухги. Къокъаб хӏасил, гӏураб зарал ккана Бежтӏа у ч а с т о к а л д е х у н . Гьелъул мухӏканаб цӏех-рех гьабун, смета хӏадуризе буго. Амма гӏарац кигӏандай щвелаян абураб суал бугоха жеги захӏматаб. Лъаларо, хӏукуматалъул резервалъулаб фондалдагӏаги букӏинарищ гьенибе биччазе гӏураб гӏарацали, -ян абуна Хӏусен Хӏайбулаевас.\nЛъаратӏа ток кьуна.\nЧӏиркъатӏагун Рулдаб – кӏудияб балагь\n28 сентябралде Лъаратӏа районалъул киналго росабалъе ток кьунин бицана райгазеталъул редактор Расул Абакаровас. Кирехунго гӏадин, жидер гьенирги нухал хвезарунила гьалагаб цӏадаца. Гьанже гьениб хӏалтӏулеб рагӏула техника.\nКӏудияб зарал ккана Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъа Сагитов Сагитиласул хъизамалъе. Доба-гьаниб цун бачӏунеб гьалагаб ихх кӏанцӏана гьесул минаялъубе. Сагитиласдаги гьесул хъизан-лъималаздаги кӏвана гьениса къватӏире рорчӏизе, амма мина тӏубанго чӏунтизабуна. Киналго рукъзабахъе кӏанцӏун, лъеца хвезабун, нахъе щибго хутӏичӏо гьесул къайи-цӏаялъул. Гьанже гьесул мина жаниб гӏумру гьабизе бегьулел шартӏазда гьечӏо. Ракӏалдаго гьечӏеб балагь ккараб хъизамалъе садакъаялъе гӏарац бакӏарулеб буго. Кумек гьабизе бокьарал гӏадамаз гӏарац рехизе бегьула гьаб хадусеб счеталде 5469600017357906 яги гьаб номералде +7988-270-70-61.\nГьелдасаги ракӏгурхӏараб лъугьа-бахъин ккана 26 сентябралъул къалъул гӏужалда Чӏарада районалъул Рулдаб росулъ. Цӏадаца жагъал гьабураб басриябго минаялъул къедги биххун, гьелда гъоркье ккун, Гӏириб росулъа 45 сон барав чи хвана гьенив. Биххун араб минаялда цебе машинаялъув гӏодов чӏун вукӏун вуго гьев гъарим. Нуцӏа рагьулев вукӏарав машинадул бетӏергьан, гьелда жаниве гӏодов чӏезе вачӏунаго, хехго нахъе кӏанцӏеян ахӏулеб гьаракьги рагӏун, чӏаго хутӏана, гьесул сапарцояв гьалмагъ абуни къадаралде щвана.\nГьединаб лъалкӏ тана тӏабигӏияб балагьалъ магӏарухъ. Гӏодоблъиялдаги гьелъ рахӏат хвезабичӏого хутӏичӏо. Сулахъ гӏор цӏакъго гьалаглъун букӏиналъ, сверухъ росабазе хӏинкъи буго. Гьединлъидал, нагагь хӏажалъи ккани, нахъе гочине хӏадурго рукӏаян лъазабун буго Гъизилюрт районалъул администрациялъ Гъоркьияб Чирюрт, Кироваул, Чонтаул, Султӏанянгъиюрт ва Нечаевка росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазда.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "14078-rosdal-magiishatal-e-tsiiyab-k-aji-tsia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14078-rosdal-magiishatal-e-tsiiyab-k-aji-tsia", "title": "Росдал магӏишаталъе цӏияб къайи-цӏа", "date": "2021-09-30 11:34:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "29 сентябралда Сергей Меликов дандчӏвана Росагролизинг АОялъул нухмалъулев Павел Косовгун. Нилъер республикаялдаги гьеб идараялдаги гьоркьоб къотӏи-къай хъвана цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъул мурадалда.\nДандчӏваялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул гӏакълучи Юрий Касованги.\nГьел къотӏи-къаязул кӏудияб пайда бугин республикаялъул росдал магӏишаталъеян абуна Сергей Меликовас, документалда гъоркь гъулбас гьабун хадуб.\nТӏоцебесеб иргаялда, гьелъ рес кьолеб буго росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадур гьаризе хӏажатаб къайи-цӏа босизе.\nГьединго рес ккезе буго кӏикӏундерил консервал хӏадурулеб завод цӏи гьабизеги. Жиндир заманалда гьеб завод букӏана республикаялъул брендлъун.\nПавел Косовас бицана жинда бихьулеб бугин Дагъистаналъул агрокомплексалъулаб бутӏаялда гӏемерисеб къайи-цӏа басралъун букӏин. Хехаб куцалда гьеб цӏи гьабизе бугин абуна гьес."}
{"slug": "14079-nukhal-rakh-ize-va-koyal-l-eze-1-5-mlrd-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14079-nukhal-rakh-ize-va-koyal-l-eze-1-5-mlrd-g-urushch", "title": "Нухал рахъизе ва кьоял лъезе — 1,5 млрд гъурущ", "date": "2021-09-30 11:38:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана сентябралда «Безопасные качественные дороги» абураб миллияб проекталда рекъон, нилъер республикаялъе нухал рахъизе тӏадеги 400 млн гъурущ биччан буго федералияб централъ.\nГьедин бицана 28 сентябралда Нухазул федералияб агентствоялъул нухмалъулесул заместитель Игорем Костюченкогун Батир Эмеевасул ккараб дандчӏваялда.\nГӏаммаб куцалда нухал рахъизе ва кьоял разе Дагъистаналъе Москваялдаса 1,5 млрд гъурущ биччалеб буго (2022 соналда -482 млн, 2023 соналда -984 млн гъурущ)."}
{"slug": "14080-melikovas-giolilaze-nasikhiat-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14080-melikovas-giolilaze-nasikhiat-gabuna", "title": "Меликовас гӏолилазе насихӏат гьабуна", "date": "2021-09-30 11:40:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "29 сентябралда Избербашалда ахиралде щвана «Каспий -2021» абураб гӏолилазул форум. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовги.\nГьесул рагӏабазда рекъон, 2011 соналда «Каспий» ургъун букӏана цӏакъ кӏвар бугеб проект хӏисабалда. Гьелъул аслияб мурад кколаан гӏолилазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи рагӏизаби, бухьенал щула гьари ва гьунар бугел гӏолохъаби тӏатинари.\nГьелдаса нахъе араб 10 соналда жаниб улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса гӏолилазул анлъазарго чиясе, хасго гьезул гӏелбащадазе гьаб форум лъугьана цоцазулгун пикраби дандразе ва цӏиял, интересал проектал гӏумруялде рахъинаризе рес кьолеб щулияб кьолъунилан абуна С. Меликовас.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "14082-gorboda-musrugi-zhemun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14082-gorboda-musrugi-zhemun", "title": "Горбода мусруги жемун", "date": "2021-09-30 11:44:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нахъеги авариял, нахъеги нухазда жаназаби. Хӏинкъараб, рахӏат хвараб ахӏвал- хӏал бугин республикаялъул нухаздаян абуни, гьеб ккезехъин буго щибниги абизе- го абичӏин абураб гӏадаб жо. Араб анкьалъул ва гьалъул байбихьуда цоялдаса цоял ракӏгъанцӏизабурал авариял ккана республикаялда.\n26 сентябралда Грозныялда ккараб ДТПялъул киназдаго рагӏун батила. «ВАЗ- 21124» маркаялъул машина речӏчӏана «ГАЗельгун». Гьитӏинаб машинаялда жа- ниб букӏараб хъизан къадаралде щвана. Гьел рукӏана нилъер республикаялдаса.\nНахъисеб къоялъ, ай 27 сентябралда Мамедхъалаялда ва ДагъОгни шагьаралда гьоркьоб, КамАЗги «ВАЗ» ва «Мерседес» маркаялъул машинаги дандеречӏчӏун ункъо чи хвана, кӏиго чи лъукъана, гьезул цоявги больницаялда къадаралде щвана.\n28 сентябралда Махӏачхъалаялъул Гӏахъушиясул цӏаралда бугеб къотӏноб, 17 сон барав гӏолилас бачунеб ВАЗ-2107 маркаялъул автомобиль речӏчӏана рекламаялъул игӏланал чӏвалеб маххул хӏоболъ. Социалиял сетазде рехун бачӏараб гьелъул видеоролик бихьаралщиназ гьикъулеб букӏана гьенив жанив чӏагого чиго хутӏанадаян абун. Нижехъе щварал баяназда рекъон, машина бачунев вукӏарав гӏолилавги, 22 сон барав гьесул гьалмагъги батӏи-батӏиял лъукъа- къотӏиялгун больницаялде щвезаруна.\nТӏадехун абухъе, цӏакъ гӏемерал авариял кколел руго. Республикаялъул нухазда бугеб расги лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏалалда тӏасан жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна хӏалбихьи бугев шофер Шамил Шагьидовас.\n— «Хехаб кумекалъул» шоферлъун хӏалтӏулев вукӏиндал, дида цогидаздасаги цӏикӏкӏун рихьула республикаялда, мисалалъе, Махӏачхъалаялда щибаб къоялъ гӏадин кколел ругел авариял. Къасисеб дежурствоялда дун вугев цо-цо сордо букӏуна гьитӏинабниги кӏудиябниги анцӏго авария ккарабги. Щив гьелъие гӏайибияв вугевин чӏванкъотӏараб суал, мисалалъе, дие кьолеб бугони, дица кидаго абула гӏайибияв водитель вугин абун. Щайгурелъул лъимаца гӏадал гъалатӏал риччалел руго гӏемерисел гӏадамаз нухазда.\nМисалалъе босилин, дун чанги ккана гьадинаб магӏнаялъул авариязда тӏаде: гӏадатияб роцӏараб къо, я гьури гуро я гӏазу-цӏад гуро, ракъварал нухал руго, амма лъимералъ гӏадаб гъалатӏги биччан, дандречӏчӏун батула кӏиго машина. Гьединаб чаракъосараб хӏал буго гьабсагӏат нухазда. Чан нухалъ абуниги лъалеб гьечӏо машина бачине, хасго гӏолохъабазда. Дир эменги вукӏана хӏалбихьи бугев, гӏумру рулалда нахъа арав чи. Гьесда цадахъ машинаялъуб ана дирги лъимерлъи. Гьес кидаго абулаан машина бачунесул кӏиябго бер букӏине кколин цебе балагьунилан, амма хьибилалдаги, гьединго нахъасанги лъугьунеб-толебги бихьизе кколин гьесдайилан. Дида, гьитӏинав чиясда, бичӏчӏулароан гьелъул магӏна. Рулалда нахъа хӏалбихьи щведал, бичӏчӏана. Кӏиябго бер цебе балагьун бугониги, аскӏосан, нахъасан, хьибилалдасан рачӏунел машинабиги рихьизе ккола, пиридул хехлъиялда хӏалтӏизе ккола пикру, хӏадурго вукӏине ккола хехго хӏукму къотӏизе. Узухъда, щивниги чи цӏунун гьечӏо аварияздаса, кигӏан хӏалбихьи бугевги авариялде ккечӏого хутӏизе рес гьечӏо, хасго гьаб заманалда. Кигӏан цӏодорго машина бачаниги, цо гӏабдал дуда речӏчӏани, хвана иш. Секундалда жаниб кколеб жо буго авария, щивго гьелдаса цӏунун хутӏуларо. Амма, кин бугониги, гӏайибияв вуго шофер.\n20-27 сентябралъул къоязда республикаялда ккарал авариязул хӏасилалда хвана 14 чи, лъукъа-къотӏана 46-яв.\nГъоркьиса республикаялъул нухазда хун вуго 316 чи.\nИсана араб ичӏго моцӏида жаниб авариялде ккун хварал гӏадамазул гӏаммаб къадар жеги загьир гьабун гьечӏо республикаялъул ГИБДДялъ. Цӏакъ бокьилаан гьеб тарих, 2020 соналъул баяназде дандеккун, дагьаб батизе.\nАмма лъабго къоялда жаниб ккарал авариязухъ балагьун, бичӏчӏулеб буго лъагӏалида жаниб гӏемерав чиясе зарал ккараблъи.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "14083-gumbet-rajonal-ul-tsiiyav-betier", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14083-gumbet-rajonal-ul-tsiiyav-betier", "title": "Гумбет районалъул цӏияв бетӏер", "date": "2021-09-30 11:47:47", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гумбет районалъул нухмалъулесул ишал тӏуралевлъун тӏамуна Гъалип Гъалипов. Гьанжелъизегӏан районалъе нухмалъи гьабурав Хӏажимурад Мухӏамадов вищана Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.\nГъ. Гъалипов ккола Гумбет районалъул Килалъ росулъа. Лъугӏизабуна ДГУялъул физикаялъул факультет. Хӏалтӏана росдал школалда физикаялъул учитель- лъун. Гьелдаса хадув хӏалтӏана республикаялъул Энергосбыталъул компаниялда, цо заманалда вукӏана гьелъул нухмалъулевлъунги."}
{"slug": "14084-milliyal-teatrazul-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14084-milliyal-teatrazul-bajram", "title": "Миллиял театразул байрам", "date": "2021-09-30 11:49:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 сентябралда Гӏурус театралда байбихьана халкъазда гьоркьосеб миллиял театразул кӏиабилеб фестиваль. Тӏоцебе гьединаб фестиваль тӏобитӏун букӏана 2019 соналда.\nГьеб гӏуцӏизе квербакъана Дагъистаналъул хӏукуматалъ, Культураялъул министерствоялъ ва Гӏурус театралъ.\nФестивалалъул тӏоцебесеб къоялъ театралъул конференц-залалда тӏобитӏана жюриялъул гӏахьалчагӏазулгун журналистазул пресс-конференция. Хадуб театралъул кӏудияб залалда букӏана фестиваль рагьулеб тадбир, ахиралда гьениб бихьизабуна абхазазул гӏолилазул театралъ лъураб А. Лорентсил «Бакъ баккун хадуб» абураб спектакль.\n5 октябралде щвезегӏан дагъистаниязда жидерго миллияб драматургиялдаса дунялалъул классикаялде щвезегӏан спектаклял рихьизаризе руго Абхазиялъул, Ингушетиялъул, Татаразул, Азербайжаналъул, Мордовиялъул, Башкортостаналъул, Северияб Осетиялъул, Кабардино-Балкариялъул, Карачаево-Черкесиялъул, Югалъулаб Осетиялъул, лъарагӏазул, лезгиязул, табасараназул, тумазул ва нугъаязул театразул коллективаз.\nФестиваль тӏобитӏизе буго къец хӏисабалда ва гьединго рихьизарун руго «Бищун лъикӏаб бихьиназул роль», «Бищун лъикӏаб руччабазул роль», «Бищун лъикӏаб сценография», «Бищун лъикӏаб режиссура» ва цогидалги номинациял.\nХӏалтӏабазе къимат кьезе буго искусствоведениялъул кандидат, эксперт Елена Покорскиялъ, Россиялъул мустахӏикъав артист Валерий Подгородинскияс, Россиялъул мустахӏикъав искусствоялъул хӏаракатчи Скандарбек Тулпаровас, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Изумруд Гӏалиевалъ ва Гӏурус театралъул нухмалъулев Тимур Хӏажиевас.\nКиналго церерахъинал рихьизаризе руго миллиял мацӏазда, амма букӏине буго гӏурус мацӏалда гьабураб тар- жамаги. Фестиваль тӏобитӏизе буго Гӏурус ва Лъарагӏ театразда ва Дербенталда бугеб Лезги театралда.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "14085-milliyab-politika-va-m-gusaevasul-tsialiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14085-milliyab-politika-va-m-gusaevasul-tsialiyal", "title": "Миллияб политика ва М. Гусаевасул цӏалиял", "date": "2021-09-30 11:50:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 сентябралда Махӏачхъалаялда, РАНалъул ДФИЦалда ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъ тӏобитӏана республикаялъул жамгӏиябгун политикияб «Гусаевасул цӏалиял» абураб тадбир. Дагъистаналъул миллиял ишазул, информациязул ва къватӏисел бухьеназул министрлъун вукӏарав Мухӏамадсалихӏ Гусаев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда щибаб соналда тӏоритӏула «Гусаевасул цӏалиял». Исана гьес тӏубалаан 70 сон.\nДанделъи рагьулаго, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас абуна:\n— Жакъасел тадбирал тӏоритӏиялъе буго цоги кӏвар бугеб гӏилла — ДАССРалъ 100 сон тӏубай кӏодо гьаби, — ян.\nТадбиралда кӏалъазе вахъарав М. Гусаевасул вац Багьавдин Гусаевас жидерго хъизамалъул рахъалдаса тадбир гӏуцӏаразе баркала загьир гьабуна ва абуна:\n— Мухӏамадсалихӏ нилъедаса аралдаса исана 18 сон ана. Амма гьев жакъаги киназдаго ракӏалда вуго, — ян.\nПленарияб заседание байбихьана РФялъул миллияб политикаялъул министрлъун вукӏарав, президентасда цебе бугеб миллиял гьоркьорлъабазул советалъул президиумалъул вакил, РФялъул Жамгӏияб палатаялъул миллиял ва диниял гьоркьорлъаби рекъезариялъул комиссиялъул председатель Владимир Зориница.\n— Жакъасеб тадбиралда ишцояв ракӏалдещвезавила ва миллияб политика гӏумруялде бахъинабиялъул цӏиял къагӏидабазул бицина.\nРоссиялда миллияб политика байбихьанин абизе бегьула улкаялдаго хиса-басиял ккараб, араб гӏасруялъул 90-абилел соназда.\nСеверияб Кавказалдаги лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏал букӏана доб мехалда. Гьел соназда Северияб Кавказалда хӏалтӏулел рукӏараз жалго рикӏкӏине бегьула миллияб политикаялъул гӏуцӏарухъабилъун. Гьединазул цебесеб кьерда вукӏана Мухӏамадсалихӏ Гусаевги, — ян абуна В. Зориница.\nГьес бицана РФялъул президент Владимир Путиница ва пачалихъалъул нухмалъиялъ кӏвар кьолин диназда ва миллатазда гьоркьор кколел захӏмалъабазде. Гьеб масъалаялде кӏвар кьуна В. Путиница «Россия: миллияб суал» абураб жиндирго макъалаялдаги.2012 соналъул Маялъул указазда гьоркьоре миллияб политика гӏумруялде бахъинабиялъул суалалги рачана.\n— Жакъа миллаталъул хаслъи тӏагӏине биччазе бегьуларо. Россия гӏемер халкъазулаб улка бугелъул, гьелъул цолъи цӏунизе ккани, миллатал цӏунизе ккола. Гӏадада гуро Расул Хӏамзатовас абулеб букӏараб жив тӏоцеве магӏарулав вугин, хадув россиялъулавги вугин, — ан бицана В. Зориница.\nПятигорскиялъул пачалихъияб лингвистикияб университеталъул профессор, этнополитикиял цӏех- рехазул централъул директор, политологиял гӏелмабазул доктор Майя Аствацатуровалъ, онлайн- къагӏидаги хӏалтӏизабун, «СКФОялда Россиялъул пачалихъияб миллияб политикаялъул лъикӏал рахъал ва захӏмалъаби» абураб докладги гьабуна.\n— Ахираб заманалда экономия гьабиялъул мурадалда Россиялъул субъектал цолъизариялъул пикраби загьир гьарулел руго цо-цояз. Гьеб мекъаб иш буго. Гьелъ нилъ 1918 соналъул хӏакъикъаталде рачине руго.\nДагъистанги Чачан республикаги цолъизабулаго ккараб ракӏалдещвезабуни, бичӏчӏула гьелдаса букӏине бугеб зарал. Халкъазул хаслъиги тӏагӏинабун, гӏемер миллатазул улка цо миллаталъулаблъун лъугьинабиялде дандечӏезе ккола нилъ. Гьелъие гӏоло цӏи гьаризе ккола Северияб Кавказалъул халкъазул лъикӏал гӏадатал, цӏунизе ккола рухӏияб бечелъи. Нилъер халкъазул хаслъиялъ россиялъулаллъун рукӏине квалквал гьабуларо, — ян абуна профессоралъ.\nСКФУялъул Пятигорскиялда бугеб институталъул филиалалъул гӏелмияб хӏалтӏул рахъалъ директорасул заместитель, политикиял гӏелмабазул доктор Арушан Вартумяница «Гӏелмиял тадбираздалъун халкъазда гьоркьосел бухьенал рекъезари:\nСеверияб Кавказалъул вузаз цадахъ гьабулеб хӏалтӏул хӏасил» абураб докладалда бихьизабуна Северияб Кавказалда ва тӏолабго улкаялда рекъелгун гьудуллъи цӏуниялъул къагӏидаби цӏунизе кколин абун. Вартумяница лъикӏаблъун бихьизабулеб буго: цӏалул программаялде гъорлъе цӏидасан элитология ва этнология бачин.\nСовет Союзалда миллияб политикаялъул рахъалъ букӏараб хӏалтӏул лъикӏаб ва квешаб рахъалъул цӏех-рех гьабизе гӏоло Северияб Кавказалъул университе- талда цебе Пятигорскиялда конференция тӏобитӏизеги лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго политикиял гӏелмабазул докторас.\n— Ахирал соназда Северияб Кав- казалъул гӏадамал лъикӏаб гуреб рахъалъ рихьизарулел руго нилъер кинематографистаз. Гьединабго ахӏвал-хӏал букӏана араб гӏасруялъул 80-абилел соназда Америкаялдаги. Гьезул кинематографистаз афроамериканцал рихьизарулаан квешал чагӏилъун. Гьеб политикаялдаса некӏого ана Америка. Нилъецаги хӏаракат бахъизе ккола, гӏелмияб нухги хӏалтӏизабун, нилъерго халкъазул хаслъиги, гӏадамазул лъикӏлъиги, яхӏ- намусги, бахӏарчилъиги бихьизабизе. Гьебги бихьизабизе бегьула гӏелмияб даражаялда. Регионазда гьоркьор бухьеналги щула гьарун, лъай кьеялъул гӏуцӏабазда преподавателал цоца- зухъе лекциял цӏализе ритӏизе бегьилаан. Кавказалъул гьоболлъиялъул школалги гӏуцӏани лъикӏаб букӏина, — ян абуна А. Вартумяница.\nСеверияб Осетия-Алания республикаялъул миллиял гьоркьорлъабазул министрасул ишал тӏуразарулев Алан Багиевас пачалихъиял ва бакӏалъулал нухмалъиялъул гӏуцӏабигун жамгӏиял идарабаз миллияб политика гӏумруялде бахъинабиялъе гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана.\n2025 соналде щвезегӏан пачалихъияб миллияб политикаялъул стратегия гӏумруялде бахъинабиялъулъ Россиялъул регионалиял политиказ кколеб бакӏалъул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб гражданияб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Ильясовас.\n— Гусаев вукӏана Россиялъул МИДалъул консультациязул советалъул вакиллъунги 1999 соналда ДРялда гӏуцӏараб миллиял ишазул, информациязул ва къватӏисел бухьеназул тӏоцевесев министрлъунги. Гӏиси-бикъинал жалазда сверухъ политика гьабулареб, аслиялде кӏвар кьолеб къагӏида букӏана гьесул. Гӏадамал гьесда божулаан. 90-абилел соназда Дагъистан ккана щуго улкаялъул гӏорхъода. Гусаевас Пачалихъияб советалда суал борхана Дагъистаналда къватӏисеб полити- каялъул цогояб политика бачине, — ян Мухӏамадсалихӏ Гусаевасул заманалда республикаялъул миллияб политика цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицана З. Ильясовас. — Ахираб заманалда нилъер политиказул каламалъулъ гӏемер рагӏулеб буго россиялъулавин гуреб, гӏурусавин абун. Дир хӏисабалда, жиндирго рахьдал мацӏ лъалев чиясдаса цӏикӏкӏун хайир буго гьеб лъаларев, жиндирго халкъалъул хаслъи бичӏчӏуларев чиясдаса. Рахьдал мацӏ лъалезул къадар дагьлъулеб буго, гьелдалъун кӏочон толеб буго миллияб хасиятги. Умумузул гӏадат-гӏамалги, яхӏ-намусги, мацӏги лъаларев гӏолилав цогидаб бокьараб рахъалде гьетӏизавизеги бигьаго букӏуна. Гьединлъидал хӏажат буго миллияб хаслъи цӏунизе, — ян рикӏкӏунеб буго З. Ильясовас.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "14086-chiuzhu-l-ikiav-l-iki-vatila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14086-chiuzhu-l-ikiav-l-iki-vatila", "title": "Чӏужу лъикӏав лъикӏ ватила", "date": "2021-09-30 11:52:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Араб рузман къоялъ, Махӏачхъалаялъул Дахадаевасул къотӏноб бугеб руччабазул лъай кьеялъул «Гьидаят» идараялда данделъараз бицана, чӏужугӏадан рухӏияб рахъалъ къуватайлъун йигони, жамгӏияталъего бугеб лъикӏлъиялъул. «Гьидаят» ккола Дагъистаналъул шайих Мухӏаммад-Гӏарифил цӏаралда бугеб исламияб университеталъул цо гӏаркьел.\n«Мир и согласие — основа духовно-нравственного потенциала» — гьединаб букӏана конференциялъул ахӏи. Гьебги букӏана, «Гьидаят» ва ДРОО «Союз женщин Дагестана» гӏуцӏиязул нухмалъулезул хӏаракаталдалъун хӏадурараб, ДРО ОЖ «Муслимат», Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул ва цогидал идарабазул вакилзаби гӏахьаллъун тӏобитӏулеб данделъи.\n— Дагъистаналъул муфти Ахӏмад- хӏажил (къ.с.) «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» абураб тӏехь щивасул столалда тӏад букӏине мустахӏикъаб буго, — ян абуна данделъиги рагьулаго, Дагъистаналъул руччабазул гӏуцӏиялъул нухмалъулей Интизар Мамутаевалъ.\n— Масъалаби жамгӏияталда гӏемер руго, гьездаса бергьине ккани, чӏужугӏадан рухӏияб рахъалъ цеетӏурайлъун йикӏине ккола.\n«Чӏужугӏадан гуро инсанияталъул загӏипаб бутӏа, чӏужугӏадан йиго щулияб тӏох»\n— Дагъистаналъул муфтиясул гьел рагӏаби кьочӏое росараб букӏана «Гьидаят» централъул нухмалъулей Загьра Исмагӏиловалъул саламалъулаб калам. — Загӏипайин абуниги, кӏудияб къуват, хӏалкӏолъи кьун буго Бетӏергьанас чӏужугӏаданалъе. Гьелда тӏадаб буго бихьинчи цеветӏеялъе хӏаракат бахъизе. Тӏох гӏеккеялъул мисалалги цӏикӏкӏунел гьечӏищха нилъер заманалда. Гьединал гӏузраби лъугӏизари буго нилъ данделъиялъул мурадги.\n— Дир хӏисабалда, хъулухъалда йигей чӏужугӏадан тӏоцее жийго йикӏине ккола мисал босулеб гӏамалалъул, — ан абуна ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул председателасул заместитель, Махӏачхъалаялъул №9 лицеялъул директор Шамсият Насрулаевалъ.\nБокьилаан нилъер руччабаз жалго хӏалтӏулеб бакӏалда ватӏан бокьи цӏикӏкӏун загьир гьабуни, кидаго гӏунгутӏаби рехсечӏого, лъикӏал мисалазул гӏемер бицани. Нилъер мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса босизе бегьила мисал. Гьез киданиги къватӏир чӏваларо жидерго гӏадамазул загӏипал рахъал. Аслияблъун дида бихьула Аллагьасда божи, гьединав чияс кидаго зарал гьабуларо. Кутакалда рекӏее гӏуна филологиял гӏелмабазул доктор, профессор, ДГИялъул ректор Расулова Патӏиматица загьир гьарурал пикраби. Жиндирго хӏалтӏул хӏалбихьиялъул, хӏакъикъияб гӏумруялъул хӏисаб гьабураб кӏалъай гӏатӏидго халкъалъе рагьизе мустахӏикъаблъун бихьана. Риххулел ригьнал, рухӏияб язихълъи, лъимадул лъавукълъи, заманаялъул карачалабазулъ гъанкъизе жиндирго наслу тей — гьеб кинабго гьукъизе къуват гӏола рухӏияб рахъалъ цеетӏурай чӏужугӏаданалъул. Заман хисунилан хиси гьечӏеб бугелъул имангун ислам, адабгун намус. Узухъда, гьелъие мисалал гӏунги тӏокӏ руго. «Чӏужугӏаданалъул кверщаликь буго рос тахиде вахинавиги, гьесул къадру малакье бортизабиги», — ян тӏибитӏараб абиги чӏобогояб бакӏалда бижараб батиларо.\nГӏумру бихьарал, гӏелму босарал, цӏи-цӏиял гӏелазе тарбия-лъай кьеялъул бутӏа лъолел руччабиги рукӏана гьенир.\nКӏалъаязулъ рехсана Макаренко, Зоя Космодемьянская, Америкаялда тарбия кьолел къагӏидаби, Ксения Собчак, хӏатта Ленинцин.\nКӏалъаязулъ букӏана рухӏияб рахъалъ язихълъулел рукӏиналъул, мугӏалимасул къимат гьечӏолъиялъул, хъизамалда рекъел цӏуниялъул, лъималазе тарбия кьеялде кӏвар чучун букӏиналъул, нилъер заманалда чӏужугӏаданалъ борхулеб бакӏлъиялъул бицен.\nИсламалъул бичӏчӏи битӏун кьеян малъулелги рукӏана. Гьелъулги бегьунгутӏи букӏинаро «битӏун» абураб рагӏулъ лъураб магӏна жидедаго бичӏчӏулеб батани. Масъалаби иргадал рехсейги, гьездалъун лъугьарал гӏузраби сах гьариялъе нухал ратизе хӏаракат бахъиги — гьеб батӏи-батӏияб иш буго. Гьереси щай, кӏицӏул кӏигогӏанги лъалел масъалабазул бицун гьез гьарурал цо-цо кӏалъаяз щибго цӏилъи кьечӏо. Хъулухъчагӏи-руччабаз бицана жидерго хӏалбихьиялъул хакъалъулъ, цоцаца реццана, рикьана тӏугьдул, кьуна шапакъатал. Мустахӏикъал ратиларин щаклъиги гьечӏо, бицанщиналда щибго дагӏбаги гьечӏо.\nДие цӏакъго бокьун букӏана гьеб конференциялда «Щиб гьабилеб?» «Кинал нухал ратилел?» абурал суалалги рагӏизе, гьелъие жавабалги ратизе, жибго конференциялъул ахӏиялъе дандерижи кьолел пикрабиги рагӏизе. Гӏемерисезулъ рагӏичӏо. Жибго тадбир жаниб тӏобитӏараб идараялъул кьучӏда рихьана дида гьел. Дагъистаналъул муфти Ахӏмад- хӏажил (къ.с.) «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» абураб тӏехь, щибаб къоялъ жанире раккулеб, къойил берги кверги щолеб бакӏалда букӏине кколин абураб пикру такрарлъана гьениб. Нилъецаго гьеб пикру загьир гьаби цо рахъ буго, бицунелда рекъараб гӏамал гьабун бажарунгутӏи — жеги цӏикӏкӏараб жавабчилъиги батила, хасго жамгӏияталда вихьуледухъ вугев чиясе.\nЧи вуго жинцаго абураб рагӏиялъул лагъин абула, рагӏул лагълъун гурев, ханлъун вукӏине тавпикъ кьеги Аллагьас.\nЛъабцӏул квер борханиги цониги суал кьезе изну кьечӏо данделъи бачунез, жидерго гьалмагълъиялъе гурони регламентги букӏинчӏо. Цо цеетӏурай бизнесменалъ лъикӏаланго заманалъ бицана япониязул къуватаб дармил, тӏадго рекъон цогидаз бицунеб букӏана гьебго. Гьеб чӏандаялдаса гӏуждаса унеб бакъаникакго бан лъикӏин, гьаругьин къватӏие лъугьана. Сабруги букӏаралъул лъугӏулеб.\n«Какин» абун дир ишара бихьидал, хӏурулгӏин гӏадай ясалъ ячана гӏатӏидаб, гьайбатаб как балеб рокъое. Къватӏие унаго, «гьанийго йикӏайиланги» букӏана ракӏалъ абулеб. Бахиллъана гьенир цӏалулезда, хӏалтӏулезда. «Гьидаяталда» куцарал ясал руссараб свериялдаги баракат букӏина.\nЛъабго сагӏаталъниги халатбахъараб данделъиялъул хӏакъалъулъ щибдай бицине ккелаян ургъел букӏана гьенибго. Масъалаби гӏемер рорхана, гьезул цонигияб тӏубаялъе чӏванкъотӏараб нух бихьичӏо: гӏаммаб хабар, киназго бицараб, рагӏараб, цӏакъ гӏемер нижецаги хъвалеб. «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» — гьеле гӏоралъ унесе квербазе тӏоцебесеб гамачӏ, рухӏияб язихълъиялдаса рорчӏизе бокьаразе хвасарлъи. Батӏияб жаваб щвечӏо данделъиялдаса.\nКин бугониги, рекӏелъ хутӏана рахӏаталъул асар — Альхӏамдулиллагь, нилъер хӏукуматалда рес кьун буго иман-исламалъул кьучӏ лъолел, гъира бугес лъай босулел цӏалул идараби рагьизе. Цогидал республикабазда дандеккун, нилъер гьаниб гьел ресаздаса цӏикӏкӏун пайдаги босулеб буго.\nМахщел-лъаялъе куцан гуребги, гьениб щолеб буго чӏужугӏадан жанисан къуватайлъун гьаюлеб рухӏияб «квенги».\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "14089-chiakhiiyal-khiyalal-khalatal-khulal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14089-chiakhiiyal-khiyalal-khalatal-khulal", "title": "Чӏахӏиял хиялал, халатал хьулал", "date": "2021-09-30 11:57:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Крымалъул Алушта шагьаралда тӏобитӏана Россиялъул Югалъул халкъазул культураялъулгун спорталъул ХӏI фестиваль. Лъабго къоялъ халат бахъараб гьелда гӏахьаллъана 14 команда. 13 спортивияб тайпаялъул рахъалъ Дагъистаналъул командаялъул мухъилъ фестивалалда цеве вахъана 54 спортсмен: квер багъизаби, баскетбол, рачелалгун гугари, гиря борхи, тӏадагьаб атлетика, столалда хӏалеб теннис, квар цӏай, чӏорбутӏ речӏчӏи, мини-футбол, шахматал, шашкаби ва цогидабги.\nЧӏорбутӏ речӏчӏиялъул рахъалъ Дагъистаналдаса спортсмен Шахмир Гебедовасде вахарав спортсмен фестивалалда вукӏинчӏо. Ракӏчӏараб бергьенлъиги босун, меседил медалалъе мустахӏикълъана гьев.\nСтолалда теннис хӏаялъул рахъалъ лъикӏал хӏасилал рихьизаруна Елена Тузовалъгун Темирлан Хасбулатовас. Командабазда гьоркьоб гьел кӏиязго ккуна лъабабилеб бакӏ. Шашкаби хӏаялъул рахъалъ кӏиабилеб бакӏ щвана Убуша Ангряевасе. Гьебго спортивияб тайпаялъул рахъалъ командабазда гьоркьоб нилъераз ккуна ункъабилеб бакӏ.\nБищунго къуватабин цӏарчӏвараб квар цӏаялъул рахъалъ Дагъистаналъул тӏаса бищараб команда къецазда финалалде борчӏичӏо. Гьелъие гӏиллалъун лъугьана финалалъул бащдаб бутӏаялда Ингушетиялъул спортсменалгун къеркьолелъул нилъеразул цоясул чорхол лагаялъе жагъаллъи ккей.\nМини-футболалъеги мадар гьабулеб букӏана дагъистанияз. Гьеб спортивияб тайпаялъул рахъалъ жидерго къокъаялда гьоркьоса къватӏиреги рорчӏун, финалалъул бащдаб бутӏаялда Калмыкиялъул командагун хӏалаго, 2:0 хӏисабгун бергьунел рукӏана нилъер футболистал. Амма, щиб ккарабали лъаларо, кӏиабилеб таймалда жидерго кавабахъе жавабалъулаб кӏиго гол биччана гьез. Пенальтиял кьабиялъул къецалдаги къуна дагъистаниял.\nПалхӏасил, нилъераз фестивалалда ккуна лъабабилеб бакӏ.\nТӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана фестивалалъул хважаинзаби -Крымалъул спортсменал. Кӏиабилеб бакӏ щвана Краснодаралъул тӏаса бищараб командаялъе.\nФестивалалда ккарал хӏасилаздаса жив цо тӏубанго рази гьечӏин бицана Дагъистаналъул командагун Алуштаялде ун вукӏарав республикаялъул Спорталъул министерствоялъул физкультураялъулгун спорталъул управлениялъул нухмалъулев Халитбег Махӏачевас.\n-Ракӏчун рукӏана ниж нилъер командаялъе Крымалда тӏоцебесеб бакӏ щвезе букӏиналда. Амма иргадулаб нухалдаги бичӏчӏана спорталда кинабго нилъее бокьухъе букӏунареблъи. Нижее Алуштаялда гӏечӏеб жо ккана цого-цо икъбал, спортсменазул чорхое ккана жагъаллъаби. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, 14 командаялда гьоркьоб лъабабилеб бакӏги гӏураб бугин абулелги руго. Амма ниж хӏасилаздаса тӏубан рази гьечӏо.\n— Фестивалалъул даражаялъул, гӏуцӏа-къаялъул хӏакъалъулъ щиб абилеб?\n-Тӏоцебесеб иргаялда, абичӏого гӏоларо, Алушта батана кутакалда берцинаб шагьар. Гьенире щварабго тира-сверана, хӏухьбахъи гьабуна. Дун вукӏана эпидемиологияб ахӏвал-хӏалалда бан фестивалалде цо гӏемерго гӏадамалги рачӏинарин, интересаблъунги букӏинарин абун. Амма Крымалъул нухмалъиялъ гьелде кӏвар кьун бугоан. Кинабго ана лъикӏаб даражаялда."}
{"slug": "14092-turistal-giemerl-ize-bokani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14092-turistal-giemerl-ize-bokani", "title": "Туристал гӏемерлъизе бокьани…", "date": "2021-09-30 12:02:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда «Каспий» санаториялъул базаялда тӏобитӏана «Теологическое об- разование: проблемы и перспективы развития» абураб цӏаралда гъоркь Тӏолгороссиялъул гӏелмиябгун лъай кьеялъулаб конференция. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразул университетазул студентаз, аспирантаз, гӏалимзабаз ва теологиял гӏелмабазул докторзабаз. Гьениб борхана жакъасеб жамгӏияталъе диналъул бугеб кӏваралъул суал ва тӏадчӏей гьабуна, динал батӏи-батӏиял ругониги, гьезул гӏемерисел гӏаммал масъалабиги цоцаздаса мисал босизе рекъарал тадбиралги рукӏунеблъиялда. Хасгьабун тӏобитӏараб «Школа молодого теолога» абулеб секциялда гӏахьаллъана батӏи-батӏияб миллаталъул гӏолилал. Конференция гӏуцӏана ДРялъул муфтияталъ ва гӏахьалчагӏазе тӏобитӏана тӏабигӏиял ва тарихиял бакӏазде экскурсия. Дагъистаналда бихьа-таралъул, туристазе гӏуцӏун ругел шартӏазул ва гӏолел-гӏоларел рахъазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна рехсараб конференциялъул гӏахьалчи, «Наследие ислама» абураб бусурбабазул (татаразул) бакӏалъулаб динияб идараялъул председатель Марат-хӏазрат Багдаловасулгун.\n— Гьаб дир кӏиабилеб сапар ккола Дагъистаналде гьабураб. Хъизангун цадахъ цеве Табасаран районалде щвана. Гьеб ракьалда бугеб «Анкьго вацасул хъала» абураб тарихияб памятникалъги, борхатаб чвахиялъги, Ахтиялда бугеб хӏамамалъги кӏудияб асар гьабуна. Дербенталъул Нарын-Хъалаялъ тӏуранго асир гьаруна, Сулахъалъул къварилъиялъул, «Главрыба» абураб ччугӏа гӏезабулеб магӏишаталъул, мугӏрузул берцинлъиялъул бицун хӏалго кӏоларо. Кӏудияб, гӏатӏидаб, кинабго рахъалъ санагӏатаб Махӏачхъалаялъул аслияб мажгитги цӏакъ берцин бихьана, — ян бицана гьес.\n— Дагъистан туризмалъул хасаб бакӏлъун гьабизе бегьулин абулеб пикруялъул рахъ кколищ дуца?\n— Гьелъие гьанир Аллагьасго кьун руго ресал. Гьаниб туристазе рес буго ралъдалъ чвердезеги рорхатал мугӏрузде рахинеги. Дагъистаналда руго цӏакъ гӏемерал ва рорхатал мугӏрул. Ниж гӏадал, шагьараздаса рачӏарал туристал, тӏоцере гьезухъ балагьун гӏорцӏуларого, гьадинабги берцинлъи букӏунищин абун, нижерго беразда божуларого рукӏана. Туризмалъе руго лъикӏал ресал, амма туризм цебетӏезабиялъе чара гьечӏеблъун кколеб инфраструктура галадулеб буго.\n— Кинаб къимат кьелеб гӏадамазе, кинаб гӏамал-хасияталъул чагӏи дагъистаниял ратарал?\n— Нижеда бихьана дагъистаниял цӏакъ гьалбал хириял чагӏи рукӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Дирго гӏайибалдалъун, Дербенталда машина тункун, цо гӏолохъанчиясул машинаялъул хьибил хъарсана. Гӏолохъанчи гьаракь борхунцин кӏалъачӏо, гьелъул гӏаксалда, дир машинаялъе ккараб заралалъул бицунев вукӏана. Тӏоцебе дида гьаниб рагӏана гаиялъулас «Ас- саламу гӏалайкум» абун салам кьолебги. Дун Москваялдаса вачӏарав вукӏин лъайдал, до- кументазул халцин гьабичӏо. Хӏал-хӏукмуги цӏехон, нух битӏагиян абуна.\nАмма нужер республика туристазул «Маккалъун» лъугьинищин абураб суал бараб буго тӏалъиялда ругезул бажари-лъаялда.\n— Каспий ралъдал рагӏаллъабазда хӏухьбахъиялъе санагӏалъаби гӏуцӏун гьечӏин гӏарз букӏуна гӏемерисел туристазул…\n— Цо мисал бачинин. Дербенталъул пляжалда хӏухьбахъи гьабуна нижеца. Гьениб гӏадаб лъикӏаб сали кибго гьечӏо. Амма кьищниялъ гьеб сурукъ гьабулеб буго, ралъдал лъимги буго чорокаб, ай чвердезе гъира кколареб. Дагъистаналъул аслияб бечелъи ккола ралъад, гӏемерисел туристазе бокьула чвердезе. Севералда, Сибиралда гӏумру гьабун ругезул анищ букӏуна ралъад бихьизе. Гьелъие гӏоло гьанире рачӏунелги гӏемер рукӏуна. Дир пикруялда, кӏванагӏан хехго, нужеца ралъадги пляжалги рацӏцӏад гьаризе ккола. Республикаялъул тӏалъиялъги, тӏоцебесеб иргаялда, гьелде кӏвар кьезе ккела.\n— Дагъистаналъул квен-тӏехалъул хӏалбихьанищ, бищунго кинаб квен бокьараб?\n— Цӏурачадал, хинкӏал, пихъ, шашликӏал, цӏибил, къокъго абуни, гьеб рахъалъ цӏакъ бечедаб, гучаб бакӏ буго нужер. Базаразда ва тукабазда бокьараб нигӏмат буго, багьаби учузал руго. Диего бокьараб жо, кибго буго хӏалалаб квен.\n— Къватӏиса вачӏарасда хехго рихьулелъул гӏунгутӏаби, Дагъистаналда туризм цебетӏезабиялъе гӏоларел рахъал кинал ругел?\n— Гӏунгутӏаби гӏезегӏан руго. Масала, гӏей гьечӏеб буго туристал унел бакӏазул маршрутал гӏуцӏиялъул иш, къанагӏат гурони гьечӏо смотровиял майданал. Гьединго гостиницабазда ва гьалбазул рукъзабахъ туристазе бакӏал гӏолел гьечӏо, реклама гьечӏолъиялъ, къватӏахъ гӏадамазда цӏехезе кколеб буго туристаз гостиницабазул, тӏабигӏиял ва тарихиял бакӏазул адресал. Цо-цо гӏолохъабаз машинаби рачунеб куц бихьидал, рекӏелъе хӏинкъи ккана. Киса-кирего шагьранухазда видеокамерал лъуни, гьеб масъалаги тӏубазе кӏвелин ккола.\n— Цо-цояз Дагъистан рикӏкӏуна хӏинкъи бугеб бакӏлъун…\n— Гьереси щай, Москваялдасаги дир ракӏалъеги хӏалалъеги гьаниб хӏалхьи буго. Берцинаб тӏабигӏат, тӏагӏамал хинкӏал, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏал, разиял гӏадамал. Дие цӏакъ бокьана Дагъистан. ИншаАллагь, хъизангун цадахъ дун жеги щвела нужехъе гьоболлъухъ.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "14093-khunzakh-tial-iyalda-gimarab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14093-khunzakh-tial-iyalda-gimarab-k-ismat", "title": "Хунзахъ тӏалъиялда гьимараб къисмат", "date": "2021-09-30 12:03:31", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Советияб заманалда Дагъистаналде хӏалтӏизе ритӏун рачӏарал гӏурус учительзабаз кӏудияб бакӏ ккола нилъер тарихалда. Дагьаб мехалъ хӏалтӏизеян рачӏарал гӏолохъанал учительзабазул чангиязе нилъер гӏаздалал мугӏрул лъугьана гӏагараллъун, гьезда батана гьаниб жидерго къисмат. Гьезул цояй ккола Седакова Валентина Петровна.\nГьелъул гӏажаибаб къисматалъул хӏакъалъулъ дие бицана Валентинал яс Раисатица. Гьединго, гьелъул рукӏарал цо-цо цӏалдохъабазги рекӏелъ рохелги пашманлъиги жубараб асаргун бицана жидерго хирияй Валентина Петровнаялъул хӏакъалъулъ.\nКьогӏаб лъимерлъи\nВалентина Седакова гьаюна 1929 соналда Тула областалъул Белев районалъул Старая Велична росулъ, мугӏалимзабазул хъизамалда. Эбелалъ жиндирго лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ рицарал баянал, ракӏалдещвеял мухӏканго цӏунун ругоан гьелъул яс Раисатица:\n«Аваданаб ва талихӏаб дир лъимерлъиялъул заманги тӏолабго гӏумруги кӏалагъоркье буссинабуна рагъалъ. 12 сон букӏана дир Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалъ. Ракьхасало ниж рокъоса нахъе рахъинаруна, гьенире немцал рачӏана. Гьебмехалъ ниж батӏияб районалде гочине ккана. 1943 соналда хвана нижер эбел. Рагъдаса хадуй дун, 9 классги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Белевалъул педучилищеялде. Мугӏалимзабазул хъизамалда гӏеялъгӏаги батила, дида гьеб махщел гьитӏинго берцин бихьулаан. 1952 соналда педучилище лъугӏана. Ниж, гӏолохъанал мугӏалимзаби, СССРалъул батӏи-батӏиял бакӏазде хӏалтӏизе ритӏизе рикьа-къотӏи гьабулеб букӏана. Дица тӏаса бищизе кколаан Сибирь ялъуни Дагъистан. Цинги инсуца къватӏибе бахъана карта ва балагьана: киб бугеб Сибирьги Дагъистанги. Дагъистан гӏагарда букӏин бихьидал, инсуца абуна, дуца Дагъистан тӏаса бищейилан. Ва гьединго гьес абуна мун цӏакъ цӏодорго йикӏайин».\nКъо-мех лъикӏ, гӏурус ракь!\nСалам, Дагъистан!\n«Къо-мех лъикӏ, гӏагараб Тула! Мун кидаго дир рекӏелъ букӏине буго. Дагъистан…Киндай дун къабул гьайилей рорхатал мугӏрузги, кьварараб тӏабигӏаталъги, дагъистаниязги?»-гьединал пикраби ххенолел рукӏун ратила поездалдаги рекӏун Дагъистаналде ячӏуней Валентинал ботӏролъ. Гьелда киданиги ккун букӏун батиларо рикӏкӏадаб Дагъистаналъул мугӏрузда жиндихъ балагьун чӏараб талихӏаб къисмат бугилан.\nДагъистаналде щвейгун, гьел киналго учительзаби рачана Лъай кьеялъул министерствоялде. Гьениб гьабураб рикьа-къотӏиялъул хӏасилалда Валентина Петровна йитӏана Хунзахъе. Гьедин, хасалихълъиялъул квачараб къоялъ щванин жий Хунзахъейин бицунаан гьелъ.\nХундерица жий цӏакъ лъикӏ къабул гьаюнилан абулаан Валентинаца. Гьелъул хӏеренго бицунеб гӏурус мацӏ хехго хисана тамахго ва кӏарчамго бицунеб авар мацӏалъ, ругьунлъана росдал рукӏа-рахъиналдеги. Валентина цӏакъ аваданай, ракӏрагьарай, гъорлъ йосарай гӏадан йикӏанин бицуна хундерицаги.\nГьелда цадахъ рачӏун рукӏарал цогидал учительзабазул гӏемерисел мугӏрузул кьварараб гьава-бакъги, росдал гӏумруги данде ккечӏого, гӏемераб мех балелдего нахъе ана гьаниса.\nВалентина Седаковалъул хӏалтӏулаб нух байбихьана Хунзахъ росдал школалдасан. Гьенив гьелда дандчӏвала вукӏинесев гӏумрудул гьудул -школалъул завуч Гӏаликулов Мухӏамад. Ва гьезул къисматал цолъула.\nЦодагьал соназдасан гьей Гӏараниб интернаталде хӏалтӏизе лъугьуна.\n«Доб заманаялъ ниж хӏурулъ тӏерхьун хӏалтӏизе кколаан школалда. Батӏи-батӏиял росабалъа гьенире интернаталде цӏализе рачӏарал лъималазул цӏакъ тӏалаб-агъаз гьабулаан нижеца. Чвердезарулаан, гьезул гъизараб чурулаан, бихъараб букъулаан, битӏахъе гьацӏул гӏучӏал гӏадин чӏезарулаан. Ниж кида кьижулел рукӏаралалиго лъаларо дида. Доб мехалъ гьанже гӏадал шартӏалги кирха рукӏинел. Амма гьитӏинго захӏмалъи-къварилъи бихьиялъгӏаги батила, дун кидаго хӏалтӏукьа хӏинкъулароан», -илан гӏемер бицунаан гьелъ жиндирго ясалъе.\nХадуб, Гӏаликулов Мухӏамад Самилахъ хъутаналде школалъул директорлъунги витӏун, гьенире рахъана гьел. Ва тӏолабго гӏумруялъ гьений хӏалтӏана Валентина Петровнаги. Гьелъие школаги лъималги цӏакъ рокьулаан, цӏалдохъабазеги гьей цӏакъ къиматай йикӏана.\n«Дун цӏакъ талихӏай\nчӏужу йикӏун йиго»\n-Эбел цӏакъ талихӏай йикӏана жийго мугӏрузул Ватӏаналда-Дагъистаналда хутӏиялдасаги жиндирго къисматалдасаги. Коммунистазул кьварараб заман доб бугониги, инсуе ячӏунеб мехалъ гьелъ босана исламияб дин. Хадубин абуни, цӏарги хисана Муслиматилан. Жиндир бищунго кӏудияб талихӏ-жий бусурманчӏужулъун лъугьин бугин рикӏкӏунаан гьелъ кидаго. “Дун йикӏана Валентина, лъугьана Муслиматлъун”-абулаан гьелъ.\nЭбелалъе цӏакъ рокьулаан росуцоял, магӏарул мацӏалъ гурого гьездаги кӏалъалароан. Хундериеги гьей цӏакъ йокьулаан, хасго гьелъул цӏалдохъабазе. Жакъа къоялдаги, рихьанщинахъе бицуна гьез эбелалъул. Гьелъул цӏалдохъаби зама-заманалдасан гьаюраб къо ялъуни учителасул къо баркун гьелъухъе щвезеги рачӏунаанилан бицана Раисатица.\nНижер хирияй мугӏалим\nЦо чанго соналъ цебе, Самилахъалде щвезе унев вукӏана дун. Маршруткаялде вахиндал, дида гьений гӏодой чӏун ятана кодор чӏумалги ккун, Аллагь рехсолей Муслимат. Гӏемераб мех балелдего гьение жание лъугьун ячӏана цӏикӏкӏараб ригьалъул чӏужугӏадан. Нуцӏил кӏалтӏа гӏодой чӏарай Муслимат йихьигун “Дир хирияй Валентина Петровна! Чан сонха мун йихьичӏого бан букӏараб”, -анги абун, гьей гьелда хурхун йиччан тана. Гьей чӏужугӏаданалъ Муслиматида бицана жий дур йикӏарай цӏалдохъан йигин. Ва Гъизилюрталде щвезегӏан гьез рицунел ракӏалдещвеязухъ гӏенеккун хӏайранлъун рукӏана маршртукаялда гӏодорчӏанщинал.\nГьаб макъала хъвалагоги дун дандчӏвана гьелъул рукӏарал цӏалдохъабигун.\n-Муслимат (Валентина Петровна) йикӏана нижер классалъул нухмалъулей. Гьелъ гӏемераб рекӏел хинлъи кьолаан цӏалдохъабазе, нижееги гьей мугӏалим цӏакъго йокьулаан. Валентина Петровна нижеда кидаго магӏарул мацӏалъ кӏалъалаан. Гьелъул букӏана цӏакъ кӏарчамаб, хӏеренаб мацӏ. Киданиги кӏалъачӏо гьей нижеда хъачӏго, гьаракь борхун. Муслиматица кӏудияб кӏвар кьолаан нижелъ рухӏияб рахъ куцаялде. Захӏматалде рокьи бижизабиялъул мурадалда гӏемерго рачунаан колхозалде хӏалтӏизе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб нижер производствоялъул бригадаялъе тӏоцебесеб бакӏги щолаан кидаго. Гьарулаан сапарал, тадбирал.\nШкола лъугӏун ниж унеб къоялъ нижедасаги цӏакъ гӏодилей йикӏана гьей. Гьелдаса хадуб гӏемерал сонал ана, амма Муслиматги гьелъ кьурал дарсалги, гьелъул малъа-хъваялги кидаго нижер рекӏелъ хутӏана. Ниж гӏемер щолаан гьелъухъе. Гьей йикӏана унго-унгояй мугӏалим, -ан ракӏалдещвезаюна Муслиматил рукӏарал цӏалдохъабаз гьей.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъдаса хадуб цӏидасан гӏуцӏулеб улкаялъе хӏажат рукӏана лъайги бажариги бугел гӏадамал. Нилъер республикаялда гьединал гӏелал куцаялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна гӏурус миллаталъул мугӏалимзабаз. Рикӏкӏадал магӏарул росабалъ жидерго талихӏ батарал гьез, даимго мисалалъе мустахӏикъаб лъалкӏги, лъикӏаб тарбия-лъай кьун куцараб жидерго наслуги тана Дагъистаналда.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "14095-k-aparab-khasiyatal-ul-gidal-ej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14095-k-aparab-khasiyatal-ul-gidal-ej", "title": "Къапараб хасияталъул гьидалъей", "date": "2021-09-30 12:10:45", "categories": ["insan"], "text": "Араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда Советский (Шамил) районалъул росабалъ Хӏамидова Мариянил цӏар цӏакъ машгьураб букӏана. Щиб росулъе щваниги, КПССалъул райкомалъул кӏиабилей секретарьлъун хӏалтӏулей йикӏарай Мариянида жамагӏатаз дандчӏвай гьабулаан разиго. Хӏамидовалъул гӏадат букӏинчӏо, хӏакимзабазда аскӏое ун, халкъалъул хӏал-хӏукму цӏехолеб. Гьей унаан годекӏание, ай жамагӏаталъухъе ва цӏехолаан гӏолел-гӏоларел рахъал. Халкъалъе кьураб рагӏиги заманалда тӏубазабулаан. Гьелъин абулебги букӏараб, Мариянил рагӏи къеда чӏвараб магӏ бугин абун. Мариянил хӏакъалъулъ бицунаго, ракӏалде щола Н. Некрасовасул «Мороз, Красный нос» поэмаялъул бахӏарчӏужуялъул хӏакъалъулъ хъварал шагӏирасул гьал рагӏаби: «Тӏурун унеб барти чӏезабулей, цӏа гьелегьараб рокъое хӏинкъичӏого кӏанцӏулей», — ан. Хӏакъикъаталдаги гьединай гӏадан ккола Гӏурадаса Хӏамидова Мариян. Кватӏичӏого гьелъул гӏумруялъул 85 сон тӏубаялъул юбилей кӏодо гьабизе бугеблъиги хӏисабалде босун, бокьун буго гьелъул хӏакъалъулъ бицине.\nЦеехъан йикӏана, кие кканиги\nЛъабго сон барай гӏадан йикӏана гьей, эмен тушманасдаса ватӏан цӏунизе рагъде араб мехалда. Гьев рагъул майданалда абадиялъго хутӏана ва бесдаллъана лъимал, къороллъана лъади. Амма, кин-щиб гьабунги, Хирапатӏиматица лъабайго ясалда я чадикълъи, я ратӏликълъи бихьизе биччачӏо.\nМариян цӏализе лъикӏай йикӏана ва гьелъул сурат кидаго букӏунаан Хӏурматалъул хъорщода. Лъимал гӏезаризе Хирапатӏиматие бугеб захӏмалъи бихьун, росдал школалъул директор Нурасул Хӏажихӏмад вачӏана гьезул кӏудада Хӏажихӏмадихъе ва ретӏелги квенги кьолеб, Гӏарани ясазул школа-интернаталде Мариян цӏализе йитӏизе кколин абуна. Мугъзада чемоданги бан, эбелгун цадахъ, анкьабилеб классалде яхъарай Мариян ана Гӏарани школа-интернаталде. Гьенийги гьей йикӏана тӏокӏлъиялда цӏалулезул цебесеб кьерда. Гьениб тӏатана гьелъулъ сундулъго цеехъанлъи гьабизе бокьулеб хасиятги. Гьебги бихьун, цӏалдохъабаз гьей йищана интернаталъул хозкомалъул председательлъун.\nТӏокӏлъиялда школа лъугӏарай Мариян, пединституталъул физикаялъулгун математикияб факультеталде цӏализе лъугьана. Наккдалъ бахчун варани тӏубаларин абухъе, гьенибги тӏатана гӏолилалъул цеехъанлъи гьабизе бугеб гьунар. Кӏиабилеб курсалда цӏалулей Мариян йищана институталъул комсомолазул организациялъул секретарьлъун. Гӏолилазда гьоркьоб гьелъ гьабураб лъикӏаб хӏалтӏуе республикаялъул комсомолалъул обкомалъ тӏадегӏанаб къимат кьуна. Амма бищунго цӏакъ Мариян йохараб жолъун букӏана партиялъул мухъилъе йоси. Пединститут лъугӏидал, Мариян ячӏана гӏагараб росдал школалде математикаялъул ва физикаялъул учительлъун хӏалтӏизе. Гӏолохъанай учительницаялъул гъваридаб лъайги, гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунарги, лъималазде бугеб кьварараб тӏалабги бихьун, гьей тӏамуна школалъул парторганизациялъул секретарьлъун.\nГьеб заман ракӏалде щвезабулаго, Хӏамидовалъ абуна: «Учителасул хӏалтӏи дие цӏакъ бокьулаан. Радал райкомалде хӏалтӏуде унеб мехалъги дир ботӏролъ букӏунаан школалде хӏалтӏуде уней йигин абураб пикру», — ян.\n«Революция гьабичӏониги…»\nМарияница школалда парторганизациялъул хӏалтӏи гӏуцӏун бугеб куцалдаса разилъун, дол соназда райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Тӏидиса Хӏайбуласул Мухӏамадица 1966 соналда гьей ячана Советск РК КПССалде хӏалтӏизе. Тӏадги къана, дол соназда бищунго захӏматаблъун рикӏкӏунеб букӏараб, халкъалда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гӏуцӏулеб отделалъул секретарасул хъулухъ. Гьелъул бажариги халкъалда гьоркьоб бугеб къадруги бихьун, 1971 соналда тӏамуна РК КПССалъул кӏиабилей секретарьлъун. Гьеб букӏана унго-унголъунги захӏматаб ва лъугӏи гьечӏеб хӏалтӏи. Марияница абуна:\n«Революция дица гьениб гьабичӏо, амма рукь гурун хӏалтӏана», — ян.\nКӏиабилей секретаралъ жаваб кьезе кколареб хӏалтӏи районалда къанагӏатги букӏунароан: гӏаммал магӏишатазул хӏалтӏи, чӏвай- хъвей ккаразда гьоркьое лъугьин, риххарал хъизамал рекъезари… Мариянихъ гӏадамал гӏенеккулел рукӏин бихьун, райкомалъ гьей йитӏулаан, цоги хӏалтӏухъабазухъа бажаруларел, захӏматал масъалаби тӏуразе. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачинин. Нахъе ккараб кӏиго росдал колхоз цолъизабулеб букӏана. Цӏияб колхозалъул председатель жидер вукӏине кколин абун, жамагӏатазда гьоркьоб дагӏба ккана. Председательлъун тезе цояб росулъа чиги вачун, бетӏерлъуда Мариянгун рачӏарал райкомалъул хӏакимзабаз кӏиабилеб росулъ жамагӏаталъул данделъи тӏобитӏулеб букӏана. Председатель жидер вукӏине кколин абун, гьеб росдал жамагӏат тӏирун чӏана. Колхозалъе нухмалъи гьабун бажарулев чи нужер гьечӏин абун чӏана райкомалъул хӏакимзабиги.\nДагӏба-рагӏиялда данделъи букӏаго, цо гӏаданалъ мугъалда ваччун вачӏана гӏемерал соназ районалъул росдал магӏишаталъул управлениялда зоотехниклъул хӏалтӏарав чи ва дванкан клубалъул сценаялде рехизе гьевги виччан, абуна:\n«Ма, нужее председатель», — ан. Мариянихъа бажарана кӏиго росдада гьоркьоб рагъ- кьал ккезе хӏинкъараб ахӏвал-хӏал роцӏинабун ва кӏиябго жамагӏат разияв председатель валагьун.\nМариянил букӏана берцинаб, талихӏаб хъизан. Гьелъул рос Хӏамидил Мухӏамад вукӏана «кинабго рахъалъ нусабго процент тӏубаравин» гьидерица абулев чи. Урма росдада аскӏоре щолеб бакӏалда, машинаялъ авария гьабун, къадаралде щвана мунагьал чураяв. Доб мехалда Мариян йикӏана гӏолохъанай гӏадан. Гӏарзаги кьун, хъулухъалдаса нахъе иналъе ккараб гӏиллаялъул бицунаго, гьелъ абуна:\n«Вачӏуневги уневги бадивеги валагьун, рос хварай дихъа Хӏебда хӏалтӏун бажаричӏо», — ян.\nРакӏалъ ахӏаралде тӏад юссана\n1977 соналда Мариян тӏад юссана учителасул хӏалтӏуде. Лъабкъого соналъ гьабуна учительлъи, гьелдаса 48 соналъ Гӏурада росдал школалда. Жакъаги, жинцаго абухъе, «хӏалкъан рокъой чӏечӏого, школалда хӏалтӏулей йиго». Гьей ккола тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель.\nХӏамидовалъул хӏалтӏуе къимат кьолаго, Шамил районалъул лъай кьеялъул начальник Ибрагьим Хӏажиевас абуна: «Мариян ккола лъикӏаб лъаялъул, кӏудияб хӏалтӏул хӏалбихьиялъул, творче- скияб къагӏидаялда хӏалтӏулей учитель. Гьелъул хӏалбихьи лъикӏ лъала районалъул математикаялъул учительзабазда ва гьел гъираялда уна гьелъул дарсазде. Гьелъул цониги дарс букӏунаро цогидалда релълъа- раб, гьел рукӏуна унго-унголъунги цӏалдохъабазе рокьулел. Гьелъги батила, Мариянил букӏунаро цӏалуда хадуб гъолареб лъимер, цӏалдохъабазул лъаялъул даражаги 50-55 процен- талдаса гӏодобе кколаро», — ян.\nЖакъа пачалихъалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул, халкъияб лъай кьеялда ругел масъалабазул ва учителасул хӏалтӏул гьечӏеб къадруялъул хӏакъалъулъ бицунаго, Марияница абуна: «Лъай бугел чагӏи хӏукуматалъе къваригӏун гьечӏо. Гьеб мурадалда ургъараб буго ЕГЭги. Киназдаго лъана ЕГЭ халкъияб лъаялъе бухъараб хоб букӏин, пайда щиб…\nХӏакимзабаздаги цӏакъ лъикӏ лъала 15-20 азарго гъурщихъ учителас гӏетӏ тӏун лъималазе лъайги тарбияги кьолареблъи», — ян.\nХӏамидовалъул хӏалтӏуе хӏукуматалъ тӏадегӏанаб къиматги кьуна. Гьелъие кьуна «Хӏурматалъул гӏаламат» орден, СССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамота, Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота, РФялъул Лъай кьеялъул министерствоя- лъул просвещениялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан абураб цӏар, районалъул бетӏерасул Хӏурматалъул грамота.\nАхирал соназда гьей диналде цӏакъго машгъуллъунги йиго. Борхана хӏеж, цӏалула Къуръан ва мадугьалихъ ругел лъималазда гьеб цӏализеги малъула.\n«Хӏакъикъаталъул» киналго хӏалтӏухъабазул рахъалдасан баркула Мариянида тӏаде щолеб байрам, ай учителасул къо, ва гьединго гӏумруялъул 85 сон тӏубалеб букӏиналъул юбилей. Гьарула щулияб сахлъи, халатаб гӏумру, талихӏ ва рохел.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "14100-giadamalgi-gochun-mugirul-zhalgo-khutiilaredukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14100-giadamalgi-gochun-mugirul-zhalgo-khutiilaredukh", "title": "Гӏадамалги гочун, мугӏрул жалго хутӏиларедухъ…", "date": "2021-09-30 13:22:12", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "30 сентябралда тӏобитӏизе буго цӏибищараб Халкъияб Собраниялъул тӏоцебесеб сессия. Гьенир рищизе руго парламенталъул спикергун вице-спикералги, комитетазул нухмалъулелги, Федерациялъул Советалде сенаторги (Халкъияб Собраниялдаса вакил). Гьеб якъинлъила 30 сентябралъул сессиялда. Гьабсагӏаталда нижеца хӏукму гьабуна цӏияб парламенталда депутатазул цо-цояз сунде кӏвар кьезе бугебали гьезда жидедаго гьикъизе.\nМухӏамад ПАТХӏУЛАЕВ, Болъихъ районалъул вукӏарав нухмалъулев:\n— Депутат хӏисабалда, дица кӏвар кьела экономикиял суалал рорхиялде. Щайгурелъул экономика кинаб даражаялда батаниги, гьелда бараб букӏуна жамгӏияталъул цебетӏей.\nГьединлъидал хӏажат буго гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул, фермеразул рахъкквезе, ресукъал гӏадамазда кверчӏвазе, гьезие хӏажатал законал рахъиялъе квербакъизе. Нилъер республика, аслияб куцалда, аграрияблъун рикӏкӏунелъул, кигӏан кӏваниги АПКялде кӏвар кьезе хӏажат буго.\nЖакъа нилъеца гӏумру гьабулеб буго цо параялда жаниб хис-хисулеб заманалда. Нилъеда бихьула Афгъанистаналда, Сириялда, Украинаялда ва цогидал бакӏазда бугеб хӏалуцин. Гьениса террористалги къваригӏел гьечӏел цогидал чагӏиги нилъер гьанире раккулареб хӏал ургъизе ккола.\nДие рахӏат толареб цоги суалги буго. Парламенталъул разилъи гьечӏони, нилъер гьанир хъулухъалда тасдикъ гьаруларо республикаялъул бетӏерги цогидал нухмалъулелги. Амма министрал хъулухъазде тӏамулеб мехалда депутатазда гьикъуларо. Гьеб гьикъизе бокьилаан дие. Лъицаялиго гьарун, лъилалиго гӏага-божарав чи вугилан цеве ккарав чи тӏамичӏого, унго-унголъунги иш бажарулев, лъай бугев ва хъулухъалде ккезелъун, парламенталдаги дандбани, лъикӏаб букӏина гьеб суал. Министрал щвезе ккола республикаялъул бищун рикӏкӏад ругел росабалъегун кулабазде, дандчӏвазе ккола гӏадатиял гӏадамалгун. Гьединлъидал батилин тола дица гьезул цо-цоязда магӏарухъ ругел гӏузрабиги лъалел гьечӏел, лъаниги тӏубарал лъагӏалабаз тӏуралел гьечӏел.\nМасала, нижер районалда кутакалда къваригӏараб жо буго гьекъолеб лъим. Хасго ахираб заманалда хасалогун хаслихъе гӏазу, цӏадал рачӏолъиялъ къун руго цо-цо иццал. Нижер доба гуребги, цогидал районаздаги буго гьебго хӏал. Масала, токалъул суалги тӏубазе къваригӏун буго. Дагьабниги гьури пурабго, цӏад тӏинкӏарабго, токги ун, гьабизе жоги лъаларого хутӏула тӏубарал росаби.\nМагӏарухъ гьелги цогидалги гӏузраби лъугӏизаризе къваригӏун буго. Гурони, гӏодоблъиялде гӏадамалги гочун, ахирги нилъер мугӏрул гӏицӏго хутӏизе руго.\nГӏабдулвахӏид ЛАБАЗАНОВ, «Кизилюртовские вести» газеталъул бетӏерав редактор:\n— Рищиязда цебе нижер партиялъ (КПРФ) хӏадурараб хасаб программаялда рихьизарурал пунктал тӏураялъе квербакъи гуребги, аслияб куцалда, дица борхизе буго Бузнаса нух бахъиялъул суалги.\nГьелъул хӏакъалъулъ ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасде хъвараб хитӏаб парламенталъул тӏоцебесеб данделъиялдаго кьезе ракӏалда буго дида.\nМагӏарухъе нух къокълъила, гьеб бахъани. Тӏадежоялъе, цохӏо гендерил тоннельги гӏоларо тӏокӏалъ чӏечӏого эхеде-нахъе хьвадулел нилъее. Бузнаса нухалъ тӏаса росилаан дунял квачайдалги цогидаб мехалдаги гьенир кколел цо-цо гӏунгутӏаби.\nГьединго терроризм абураб балагьги тӏубанго тӏаса босун гьечӏо. Афгъанистаналдаги Закавказьеялдаги буго хӏалуцин. Хъван батугеги, амма бокьараб мехалда гьелъул тӏири гьанибеги щвезе рес буго. Гьединлъидал Бузнаса нухлул рагъулабгун стратегияб кӏваралъул нухги ккола. Кутакалда санагӏатаб бакӏалдасан унеб буго гьеб.\nГьеб киналдаго тӏаде магӏарухъ бугеб гӏолохъанаб гӏел шагьаразде гочинчӏого росабалъ чӏеялъулги кӏварги буго гьеб нухлул. Дир хӏисабалда, росабалъе нухалги газги бугони, гӏадамал кирениги ине гьечӏо. Къваригӏараб-таралда хадур къватӏире рахъун гурони, гъалмагъиралъе гьал шагьараздеги руссинчӏого, жидерго магӏишаталда парахат рукӏинаан. Нижер (Гьарадерихъ) росулъе щвезе кӏиго сагӏат гурони балароанха Бузнаса нух бахъани.\nТуризм цебетӏеялъегицин гӏезегӏанго квербакъи букӏина гьелъул. Масала, Бузнаса нухги бахъун, гьаругьин гъоркьа тӏаде — Гьарадерихъе рачӏинаан туристал, цинги гьенисан Тӏадколоре, Хунзахъе инаан.\nСултӏанахӏмад ИБРАГЬИМОВ, боксёр-профессионал:\n— Нижер районалда кутакалда къварилъи буго нухазулги, токалъулги, гьекъолеб лъелги рахъалъ. Гьелде кӏвар кьезе къваригӏун буго. Масала, щуго соналъ цебе гӏезегӏан гӏарац биччан букӏана райцентралде лъим бачине. Амма гьелда бан рагӏалде бахъараб хӏалтӏи гьечӏо жакъа къоялдаги. Токалъулги буго гӏунгутӏи. Некӏого лъурал цӏулал хӏубал хисулел руго районалъул тӏасияб участкаялда. Гьезул 60 процентниги хисун бахъана.\nГьел суалал тӏуразе бажарулебани, бокьилаан. Гьелде тӏадеги нижер гӏадамазул анищ буго Лъаратӏе газ бачинеги. Газпромалъулгун дандбараб суалги буго. Гьелда бан хӏадурараб проектги буго. Хӏажат буго гьеб суал тубазабизе. Гурони, хасалил заманалда минаби хинлъизаризе къотӏулел рохьазда ракӏунтун буго. Гьел цӏунизе ккола.\nЯкъуб ГӏУМАХАНОВ, Халкъияб Собраниялъул депутат:\n— Нижеца парламенталда цебесеб нухалдаги гӏемер борхана рахьдал мацӏал цӏуниялда хурхараб суал. Гьанжеги гьелде кӏвар кьезе ракӏалда буго дида. Хасго дир эменги (Сайгидпаша Гӏумаханов – ред.) Пачалихъияб Думаялде вищун вугелъул, гьесулги квербакъи щвела. Гьесул программаялъул цо пункт рахьдал мацӏалги миллияб хаслъиги цӏуниялда хурхараб букӏана.\nНижеца Хасавюрталда гӏемерал тадбирал гьаруна гьеб рахъалъ. Гьезул цояб ккола ичӏазарго цӏалдохъанги гӏахьаллъун тӏобитӏараб «Гамзатовские строки на карте Хасавюрта» абураб марафон.\nРахьдал мацӏал машгьур гьариялъ Хасавюрталъул школазда лъикӏаб хӏалги буго. Цогидал бакӏазда гӏадин я рахьдал мацӏазул сагӏтал яги гьел дарсал кьолел учительзабазул къадар дагьлъизабун гьечӏо.\nДун Хасавюрталдаса вищарав депутатлъидал, гьениб гӏадамазул рукӏа-рахъинги цогидаб ахӏвал- хӏалги рукӏалиде ккезабизе хӏаракат бахъизе ккола. Амма гьабсагӏаталда хӏалкӏоларо гьелъ-ие къваригӏарабщиналъул гьаниб бицун. Къокъго абила, Хасавюрт ккола республикаялъул севери-яб рахъалда бугеб каву. Кутакалда гӏемераб гӏалам бачӏунеб, Севери-яб Кавказалдаго кӏудияб дармилаб центрлъунги лъугьун буго гьеб. Гьединлъидал Хасавюрталъе къваригӏун буго шагьар цебетӏеялъе квербакъулеб, рагӏа-ракьанде щвараб программа. Гьеб мехалда тӏаса росилаан цо-цо кӏвар бугел суалал. Масала, шагьаралда жаниб транспорт гӏемерлъиялъ, машинабазул читӏирал лъугьуна.\nГьединго хӏажат руго лъим бацӏцӏад гьабулелги, шагьаралъул хутӏелал рацӏцӏалъизарулелги стан-циял. Шагьаралда чиги гӏемерлъун, санайилго кӏодолъулеб буго шагьар. Байбихьуда 60-70 азарго чиясе гурони гӏурал ресалги объекталги рукӏинчӏо гьенир. Гьанже абуни кӏинусазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб батула гьениб. Кватӏичӏого тӏобитӏизесеб халкъалъул переписалъги бихьизабила гьеб. Бигьалъабазда рекъон минаби щвезе иргаялда чӏун 4700 чи вуго гье-нив. Амма шагьаралъул ракь гӏолеб гьечӏо минаби разе. Гьединлъи-дал Хасавюрталъе тӏадеги ракьги къваригӏун буго. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ тӏокӏалъ чӏечӏого бицуна нижеца. Шагьаралъул нухмалъулезги хӏаракат бахъула шагьар цебетӏезабизе. Амма цохӏо гьезул къуват дагьаб буго. Пачалихъияб программа къабул гьабичӏони, гӏицӏго мэриялда кӏоларо гьеб суал тӏубазабизе.\nХӏажимурад МАЛЛАЕВ, Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялъул (ГБ № 1) бетӏерав тохтур:\n— Пачалихъияб Думаялда Денис Проценкоца (Москваялъул Коммунаркаялда бугеб больницаялъул бетӏерав тохтур – ред.) нухмалъи гьабизе буго сахлъи цӏуниялъул рахъалъ гӏуцӏараб ЕРалъул комиссиялъе. Гьес абуна жинца квербакъилин улкаялда гӏадамазе гьабулеб медицинаялъул хъулухъ тӏубан хисизабизе. Дицаги рахъккола гьел рагӏабазул. Халкъияб Собраниялда гьел суалал рорхиялъе дидаго цадахъ гьенире рорчӏарал цогидал тохтурзабазги рахъкквелин хьул буго дир.\nГьикъа-бакъи гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "14201-kinab-bukiarab-melikovasul-l-agiel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14201-kinab-bukiarab-melikovasul-l-agiel", "title": "Кинаб букӏараб Меликовасул «лъагӏел»", "date": "2021-10-07 11:06:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 октябралда лъагӏел тӏубана Сергей Меликов республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралевлъун тӏамуралдаса.\n14 октябралда, «врио» абураб цебелъелги нахъе рехун, гьев бетӏерлъун тасдикъ гьавизе хӏадурлъулел руго Халкъияб Собраниялъул депутатал.\nЖакъа къокъго рицун тела лъагӏалида жаниб Меликовас гьабураб хӏалтӏул цо-цо лахӏзатал.\nРеспубликаялъул гӏузраби\nМоскваялда рагӏизари\nЦере рукӏарал нухмалъулезда дандеккун, республикаялъул гӏунгутӏаби рахчичӏого, гӏаксалда, гьел федералияб тӏалъиялда рагӏизаризе хӏаракат бахъана С. Меликовас. Исана марталда Федералияб Собраниялда «Дагъистаналъул къоял» унеб мехалда, парламенталда цевеги вахъун, республикаялда ругел гӏузрабазул хӏакъалъулъ бицана гьес.\nВацал Хӏасанхӏусеновазул\nэбел-эмен къабул гьари\nБищунго гӏадамазе асар гьабураб хӏужалъун рикӏкӏине бегьула гъоркьиса 25 декабралда вацал Хӏасанхӏусеновазул эбел-эмен гьес къабул гьари. Жидер балагьалде гӏинтӏамеян, щуго соналъ кодоб васазул суратги ккун, тахшагьаралъул аслияб майданалда эхетун чӏаниги, республикаялъул тӏалъиялда вихьичӏев Муртазагӏалиги гьесул лъади Патӏиматги, Меликовас тӏадеги ахӏун, гьезулгун гара-чӏвари гьабуна.\nХалкъалъулгун бухьен\nгӏатӏид гьаби\nАпрелалдаса байбихьун республикаялъул муниципалитетазде сапарал гьаризе квер бана С. Меликовас. Чанго къоялда жаниб Дербент, Догъузпара, Ахти, Агул, Сулейман-Стӏал, Табасаран, Мухӏарамкент, Хив районазде ва гьединго Дербент и ДагОгни шагьаразде щвана.\nИюналда Тарумовкаялде, Хасвюрталде, Шамил, Лъаратӏа ва Гъуниб районазде щвана. Сентябралда щвана Лак, Новолак, Гъизилюрт районазде ва Гъизилюрт шагьаралде.\nБольницабазе цӏиял машинаби кьей\nСахлъи цӏуниялъул бутӏаялда цӏилъи чӏвазабизе гӏуцӏараб программаялда рекъон, 27 цӏияб машина щвезабуна республикаялъе.\nМеликовас жинцаго кьуна гьел машинабазул кӏулал республикаялъул 27 батӏияб муниципалитеталъул нухмалъулезухъе.\nРасулил юбилеялде хӏадурлъи гьаби\n2023 соналда Расул Хӏамазатовасул нусго сон тӏубаялъул юбилей улкаялъулго даражаялда тӏобитӏизе букӏиналда жанибги кӏудияб бутӏа лъуна С. Меликовас.\nПрезидент В. Путинилгун букӏараб дандчӏваялда гьес биценги гьабун, улкаялъул бетӏерас лъикӏаблъун рикӏкӏана кӏудияв шагӏирас 100 сон тӏубаялъул тадбирал тӏубараб улкаялдаго тӏоритӏизе."}
{"slug": "14202-dryal-ul-tsiiyav-vakil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14202-dryal-ul-tsiiyav-vakil", "title": "ДРялъул цӏияв вакил", "date": "2021-10-07 11:08:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Москваялда РФялъул президентасда цебе рагьараб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун тӏамуна гьанжелъизегӏан республикаялъул бетӏерасул кумекчилъун хӏалтӏарав Владислав Толстюк.\nПачалихъияб Думаялъул депутатлъун инегӏан, гьеб хъулухъалда вукӏана Жамалдин Хӏасанов. Гьесде щвезегӏанги гьенир нухмалъиялда рукӏана Хӏажи-Къурбан Шайдаев, Хӏажи-Мухӏамад Хӏамзаев, Рамазан Мамедов, Юрий Левицкий, Хӏажи Махӏачев, Александр Ермошкин, Изумруд Мухӏудинова.\nГьединаб вакиллъи Москваялда рагьана ДАССРалъул Министрзабазул советалъ 1991 соналъул 15 августалда гьабураб хӏукмуялда рекъон."}
{"slug": "14203-shamilil-kavabazda-tsurab-k-ed-bikhkhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14203-shamilil-kavabazda-tsurab-k-ed-bikhkhana", "title": "«Шамилил кавабазда» цураб къед биххана", "date": "2021-10-07 11:09:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Чанго къоялъ тӏатӏалаго ралел чвахунцӏадазул хӏасилалда, анлъабилеб октябралда биххана Гъуниб- хъала сверун бараб некӏсияб къадал цо бутӏа. Шамилил абулел кавабазда цураб къед ккола гьеб. Къед биххана битӏун туристаз гьелъул видео бахъулеб заманалда. Тарихчагӏазул баяназда рекъон, гьеб къадал халалъи ккола анкь нусгоялде гӏагарун метр. Бакӏ- бакӏалдаса гьелъул биццалъи буго цо метр. Гъуниб-хъала гӏурус пачаяс бан буго ХӀX гӏасруялда, Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб. Цо-цо баяназда рекъон, хъалаялъул къед тӏасияб соналда къачӏазе букӏун буго."}
{"slug": "14205-giiyakh-abaze-subsidiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14205-giiyakh-abaze-subsidiya", "title": "Гӏияхъабазе-субсидия", "date": "2021-10-07 11:12:05", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьал къоязда сапаралъ Москваялда вугев республикаялъул росдал магӏишаталъул министр Батӏал Батӏалов дандчӏвана РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул тӏоцевесев заместитель Жамбулат Хатуовгун ва гьебго министерствоялъул боцӏухъанлъиялъул ва тайпадулаб гӏи гӏезабиялъул рахъалъ Департаменталъул нухмалъулев Дмитрий Бутусовгун.\nНилъер республикаялда гӏи-боцӏухъанлъи цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицана гьез.\nУлкаялда гӏиял гьан хӏадур гьабиялъул ва гӏи-цӏцӏани цӏикӏкӏинариялъул рахъалъ цебесеб кьерда бугин Дагъистан, гьединлъидал гьелда тӏад чӏарал чагӏазе гӏарцудалъун кумек гьабизе бокьун бугин абуна РФялъул росдал магӏишаталъул хӏакимзабаз.\nМисалалъе, гӏиял гьанал цо кило бича-хисизелъун хӏалтӏизабураб гӏарцул хӏисабги гьабун, Дагъистаналъе (субсидиял гӏадин) 210 миллион гъурущ биччазе ракӏалда буго Москваялда.\nГьеб бутӏаялда жаниб пачалихъалъ гьанжелъагӏан гьабулеб букӏараб кумекалъул цо хинлъиго чӏван гьечӏоан республикаялъул гӏияхъабазда.\nГьелъие гӏиллабиги гӏемер ругин абуна Москваялда букӏараб данделъиялда Батӏал Батӏаловас. Гӏиял гьан хӏадур гьабизе лъикӏаб къуваталъул цехал рагӏуларо республикаялда, гьеб цо. Кӏиабизе босани, захӏмат буго ахираб заманал да гӏиял гьанал багьа цӏикӏкӏунеб букӏиналъги. Гьабсагӏат цо кило 400 гъурщиде буго базаралда. Гьелъги квал-квал кколеб буго субсидиялъе биччараб гӏарац жиндир хӏажатаб нухда хӏалтӏизабизе.\nДРялъул росдал магӏишаталъул министрас абуна гьеб субсидиялъул гӏарац гӏи-боцӏухъанлъиялъул цогидал бутӏабаздеги щвезе хӏажат бугилан. Мисалалъе, республикаялъул чӏахӏиял шагьаразда аскӏор рахьдал фермаби рагьани, кӏудияб мунпагӏат букӏинаанин. Школазе, ясли-ахазе сахаб, татуяб, экологиялъул рахъалъ бацӏцӏадаб нигӏматги щвелаанин лъималазе.\nБатӏал Батӏаловас бицунелъухъ мухӏкангоги гӏенеккун, жидехъа бажарараб кумек гьабизе рагӏи кьуна РФялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакилзабаз.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "14208-internetaldasan-terrorizm-guk-izin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14208-internetaldasan-terrorizm-guk-izin", "title": "Интернеталдасан терроризм гьукъизин", "date": "2021-10-07 11:19:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана интернеталдасан терроризм тӏибитӏизабиялде информациялъулаб дандечӏеялъул суалазда тӏасан семинар. Данделъи рагьулаго, ДРялъул информациялъул ва печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиевас бицана интернеталдасан терроризмалъул пикраби тӏиритӏизариялде данде гьабулеб хӏалтӏул гӏолеб гӏелалъе ва улкаялъул букӏинеселъе бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.\nДанделъиялда гӏахьаллъана «Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадов, ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул председатель Зикрула Ильясов, ДГУялъул доцент, АТКялда цебе бугеб экспертлъиялъулаб советалъул вакил Хӏажи Малучиев, Дагъистаналъул Динияб идараялъул вакил Мухӏамад Дадаев, психологиял гӏелмабазул доктор, ДГПУялъул профессор Анжелика Цахаева, ДГУялъул психологиялъул ва философиялъул факультеталъул профессор Мустӏафа Билалов, бакӏалъулал гӏуцӏабазда хӏалтӏулел терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) вакилзаби, СМИязул нухмалъулел ва цогидалги.\n«Дагъистан» РГВКялъ бихьизабуна ургъичӏого мекъаб иш гьабурай гӏадатияй дагъистаниялъул хӏакъалъулъ хӏадурараб социалияб ролик. Дагъистаналъул Динияб идараялъул вакил Мухӏамад Дадаевас бицана гӏадамазул гӏакълу «виртуалияблъун» лъугьин ва гьелдаса бугеб хӏинкъиялъул хӏакъалъулъ.\n«ИКЦ» ГБУялъул нухмалъулев Мухтар Гӏамировас СМИялъул информациялъулаб хӏалтӏи хӏасил кьолеблъун лъугьинабизе рес кьолел къагӏидабазул ва технологиязул хӏакъалъулъ бицун гьабуна доклад."}
{"slug": "14209-nkoyazul-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14209-nkoyazul-forum", "title": "НКОязул форум", "date": "2021-10-07 11:22:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Каспий» санаториялда тӏобитӏана Россиялъул югалъул коммерциялъулал гурел гӏуцӏабазул (НКО) лъабабилеб форум. Исана гьелда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул анкьго регионалдаса 300 чияс. Гьезда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул 30 муниципалияб гӏуцӏиялдаса 50 НКОялъул вакилзабиги.\nФорум рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председатель Анатолий Карибов, ДРялъул печаталъул ва информациялъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиев, ДРялъул гӏолилазул политикаялъул министр Камил Сагӏидов, ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтияразул советалъул председатель Зикрула Ильясов. Жакъа Россиялда буго 210 000 НКО. Гьезда гьоркьоса 30 000 НКО буго ЮФОялда ва СКФОялда."}
{"slug": "14210-tiadab-nal-i-mustakhiik-ab-kutsalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14210-tiadab-nal-i-mustakhiik-ab-kutsalda", "title": "Тӏадаб налъи мустахӏикъаб куцалда", "date": "2021-10-07 11:26:02", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "4 октябралда «Замана» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул рагъулав комиссар Дайитбег Мустафаевас бицана хасалилаб призывалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьесул рагӏабазда рекъон, исана ихдалилаб призывалда Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъалде ахӏизе кколаан лъабазаргогӏанасев гӏолохъанчи. Гьеб планги тӏубана 100 проценталъ.\nХасалил призывалда тӏолабго Россиялдаса ахӏизе ккола 126 азарго призывник (гъоркьисаялде дандеккун гьеб къадар дагьаб буго). Югалъулаб рагъулаб округалъул штабалъ чӏезабураб планалда рекъон, ихдалго гӏадин, хасалоги Дагъистаналдаса вачине вуго лъабазаргогӏанасел гӏолохъаби. Гьез хъулухъ гьабизе буго армиялъул батӏи-батӏиял тайпабазда, гьездаго гьоркьоб ВДВялдаги (ихдал цониги дагъистанияв ккечӏо гьениве), Росгвардиялдаги. 700-гӏанасев дагъистанияс хъулухъ гьабулеб буго контракталда рекъон, 450-гӏанасев цӏалулев вуго аскариязул тӏадегӏанал цӏалул учреждениязда.\nАрмиялде гӏолохъаби ахӏиялъул тадбирал унел руго чӏезабураб низамалда рекъон, коронавирусалдаса ва хасалил сезоналда цӏикӏкӏунел цо гидал рахунел унтабаздаса цӏуниялъул киналго шартӏалги цӏунун. Мустафаевас абухъе, гъоркьиса республикаялъул прессаялдасан къватӏибе бачӏана рагъулаб комиссариаталъул, армиялде призывникал ахӏулел ко миссиязул хӏалтӏи бихьизабулеб 400-гӏанасеб макъала-баян. Гьелъухъ гьес журналистазе кьуна баркалаги."}
{"slug": "14213-avarteatr-basriyabgi-tsiiyabgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14213-avarteatr-basriyabgi-tsiiyabgi", "title": "Авартеатр — басриябги цӏиябги", "date": "2021-10-07 11:29:19", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъ лъазабураб рагьараб конкурсалда рекъон, Авартеатралъул директорлъун вищана Мухӏамад Бисавгӏалиев. Гьеб цӏияб хабар лъана араб итни къоялъ. 5 октябралъ, ай хадусеб къоялъин абуни, цӏияв директор хъулухъалде тӏамулев вукӏин бицине, коллективалъул гьесул лъай-хъвай гьабизе Авартеатралде ячӏун йикӏана, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Мадина Жаватханова. Директор хӏисабалда цӏияв вугониги, Авартеатралъе жив цӏияв, чиярав вукӏинчӏин абуна Бисавгӏалиевас саламалъулаб калам гьабулаго.\n— Миллияб театралъул хӏалтӏул даража борхизаби, гьеб халкъалъе гӏагараблъун лъугьинаби буго мурад, — ин абуна гьес цадахъ рекъон хӏалтӏиялде коллективги ахӏулаго.\nНижер баян:\nМашгьурав журналист, публицист, хъвадарухъан, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Мухӏамад Гӏалиев (Бисавгӏалиев) гьавуна 1973 соналда Лъаратӏа районалъул Салда росулъ. 1998 соналда лъугӏизабуна ДГУялъул авар ва гӏараб мацӏазул факультет. Журналистасул нух байбихьана республикаялъул «Хӏакъикъат» газеталда. Хӏалтӏана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалда Расул Хӏамзатовасул кумекчилъун. Гьениса Бисавгӏалиев ахӏана жидерго районалъул «Лъаратӏа» газеталъе нухмалъи гьабизе. 2011 соналда гӏуцӏун, 2018 соналде щвезегӏан къватӏибе биччана жамгӏиябгун политикияб «Миллат» газета. 2014 соналдаса нахъе Бисавгӏалиевас бетӏерлъи гьабуна республикаялъул «Дагъистан» журналалъе. 2021 соналда, «Балъгояб даптар» («Тайная тетрадь») тӏехьалъухъ Мухӏамадие кьуна пачалихъалъулаб премия.\nВАКЪУН ХОЛЕСЕ САДАКЪА ГӏАДИН\nЖиндир гӏумруялда жаниб Авар театралда 16 батӏияв директор хисанин хъвалеб буго «Дир театр» абураб тӏехьалда мунагьал чураяв Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас (гьезул цояв живгоги вукӏана). Махӏмуд аралдаса жеги лъабгоялги хисана. Гьезда гьоркьоса бищун цӏикӏкӏун заманалъ директорлъи, мунагьал чураяв, Хӏабиб Хӏажиевас гьабуна. Театр борхалъуда бугел, ахалъуде ккарал, цӏидасан куркьбал рорхизе хӏаракат бахъарал, хисардулеб политикаялъул сонал рукӏана гьел. Советияб заманалъул гӏуцӏи биххиялда цадахъго хисана халкъалъул театралде бербалагьи, хъантӏиялъ кверде росарал хӏакимзабаз хӏулун хутӏарал гъурщал, вакъун холесе садакъа гӏадин рехулаан культураялъе. Бихьулаго чӏунталиде ккун букӏана миллияб маданият. Авартеатралдайин абуни, хӏукуматалъул бюджеталъул рахъалдаса тӏоцересел бакъул чӏоралги щун, ремонталъул хӏалтӏаби байбихьун рукӏана. Гьеб заманалда, «Хӏакъикъат» газеталда рагьараб миллияб телестудиялъ хӏадурун букӏана театралъул хӏакъалъулъ передача. Гьеб бихьизабун букӏана РГВК каналалъги. Мурад букӏана театралъул хӏакъикъияб гӏумру, масъалаби рагьи.\nАвартеатралъул нухмалъулел, режиссерал, актерал гурелги, гьенир кӏалъан рукӏана театр бокьулел, гьелъул кӏварги хӏажалъиги бичӏчӏулел магӏарул интеллигенция. Гьезул цояв вукӏана Мухӏамад Бисавгӏалиевги. Цогидаз пригласительный тӏалаб гьабулеб заманалда Бисавгӏалиев вукӏунаан, босун билетгун, цӏи лъуралщинал спектаклязде хьвадулев. Школа лъугӏун магӏарухъа шагьаралде вачӏаралдаса нахъего театралъулгун бухьен тӏечӏев Мухӏамад гьанже директорлъун тӏамидал, дица цӏидасанги хал гьабуна, 15 соналъ цебе хӏадурараб передачаялда, гьес загьир гьарун рукӏарал пикрабазухъ.\n«Расул Хӏамзатовасул кечӏцин букӏана: Щай театралъул цебесеб кьерда Тукенчагӏи ругел, гьеб бичӏчӏуларо, — ян. Гьел рагӏаби хъвалеб заманаялъ театралде белтал щвеялъул масъалайищ букӏарабали лъаларо. Жакъа театралъул цебесеб кьерда цониги тукенчи яги министр вихьизе гьечӏо. Замана хисун буго. Москваялъул, Ленинградалъул яги Европаялъул церетӏурал пачалихъазул чӏахӏиял театрал рукӏуна интелектуалияб элита, хъулухъчагӏи, гӏаммаб къагӏидаялъ абуни — дунялалда битӏккарал чагӏи унеб бакӏлъун. Авартеатралда гьанже рукӏуна, зал цӏезеян, билет босичӏого жанире риччарал университеталъул студентал, Родопалъул бульваралда тира-сверулаго гьениб спектакль букӏин лъан жанире лъугьарал чагӏи. Гьединго, дагьал ругониги, гьоркьохъеб даражаялъул, унго-унгоги театр бокьулел гӏадамалги. Гьединаб буго театралде бачӏунеб гьанжесеб публика, зритель».\nРУХӏИЯБ ТӏАЛАБ БУКӏУНА РЕКӏЕЛ\nРасул Хӏамзатовасул 80 сонил юбилеялде Авартеатралъ бихьизабун букӏана «Сонал, саринал, сапарал» абураб литературиябгун музыкалияб композиция. Живго Расулил гьариялда рекъон гьеб композициялъе сценарий хӏадурун букӏана Мухӏамад Бисавгӏалиевас. Сценаялда гьеб лъуна Салихӏ Имангъоловас. Гьеб ккана театралъул сценаялда Расул Хӏамзатов цеве вахъараб ахирисеб тадбирлъунги.\nЦӏидасан ракӏалде щвезарила дол соназго Бисавгӏалиевас абурал рагӏаби:\n«Цойги, аслияб масъалалъун Авартеатралъ рикӏкӏунеб жо буго нилъер миллияб драматургия гьечӏилан. Доб заманалдаго Цӏадаса Хӏамзатица, Гӏабасил Махӏамадица, цо-цо хъвадарухъабаз хӏалбихьиялъе хъварал пьесаби руго гъоз лъолел. Драматургия кин букӏинеб, гьеб хъвалев чи гьечӏелъул нилъер. Нагагь вугониги гьеб хъварав чи разияб хӏалалъ мухь, харж гьечӏо кьолеб. Кинабгоги тӏубан нахъе хутӏарал гъурщазде ккун буго культура. Театр букӏине ккола, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамасе тарбия кьолеб бакӏлъун. Литератураялъулго гӏадин, театралъулги аслияб масъала буго берцинаб берцинаблъун, сурараб сурараблъун, гьунар гьунарлъун, рогьо рогьолъун бихьизаби. Гъова хӏалев геройги лъугьине ккола халкъияв геройлъун. Тарбия кьеялъул масъалаги тун, театр гӏемерисеб мехалъ рекӏелгъеялде буссун буго. Гуржиязул, асатӏиназул, кабардиназул цо-цо асарал авар мацӏалдеги руссинарун рихьизарула сценаялда. Дида ккола, цӏияб хъвараб миллияб драматургия батичӏони, букӏа абе гьагъавго Цӏадаса Хӏамзатил «Айдемир ва Умайгьанат», «Хьитазул устар», «Балагьалъул гъамас», «Кӏодоласул ригьин», Гӏабасил Махӏамадил лъабабго пьеса, «Хъахӏаб росулъа Махӏмуд» трагедия, Мухӏамад Сулимановасул асар. Авартеатралъул аслияб масъалалъун букӏине ккола магӏарулазул гӏумру бихьизаби. Гьаб ахӏи-хъуй гӏемераб шагьаралда, батӏияб мацӏ, батӏияб культура, хьвада-чӏвади бугеб бакӏалда жанив вугев чиясул рухӏияб тӏалаб букӏуна рекӏел. Гъов чи магӏарул театралде уна магӏаруллъи бихьизе…».\nТЕАТРАЛЪ БАЛАГЬАРАВИЩ КУЦАЛЕВ, БАЛАГЬАРАС ТЕАТРАЛЪУЛ РЕПЕРТУАРИЩ?\n«Театр букӏин рагӏизабизе ккола» — гьадин абулаан Авартеатралъул режиссер, мунагьал чураяв Салихӏ Имангъоловас. Гьунаралда гугьар бугев, гӏамалалда нур бугев чи вукӏана гьев. Гъобго передачаялда, театралъул масъалабазул бицунаго, гьадин абун букӏана Имангъоловасги: «Миллияб драматургиялъул цӏилъи гьечӏо, цебе гӏадин гьеб жанралда хъвадарулел гьечӏо нилъер гьанжесел хъвадарухъаби. Нилъерго миллияб драматургия репертуаралда цӏикӏкӏун гьечӏони, магӏарул халкъалъул тарихги бихьизабичӏони, магӏарулал данделъулеб бакӏалъул къиматги къадруги дагьлъула».\nДоб мехалъ гӏезегӏанго харжал гьаризе кколел рукӏана телевидениялда, киналго гӏенеккулеб «Прибой» радиоялдасан реклама кьезе. Гьанже гьел ресал гӏемер рукӏиналъ батила, спектаклязде гӏадамал рачӏунел руго. «Рачӏа, рачӏа нижехъе», — ян Родопалъул бульваралде, ралъдал рагӏалде рачӏунезде ахӏи балеб зурмил накъитгицин букӏуна театралъул кӏалтӏа. Амма щалха цӏазе кӏварал театралда жиндихъего: ричарухъабийищ, рокъор эркенго ругел руччабийищ, рукъалъул хӏалтӏудаса хӏухьбахъизе бокьарал захӏматчагӏийищ, интеллигенцияйищ? Театралъ зрителищ куцалев вугев, зрителасул даражаялде театралъул репертуарищ бачӏун бугеб? Хал гьабураб мехалъ, цӏун зал бугониги, интеллигент гӏадав чи гьенив нагагьги вихьуларо. Цӏун зал бугони, гьенир гӏодор чӏарал кинал ругониги батӏалъиго гьечӏин театралъеян кколеб бугоха. Хъат балеб бугищ, релъулел ругищ — гьеле аншлаг, бергьенлъи, лъугьана спектакль, къабул гьабуна халкъалъ. Щиб бицунги гьабунги, гӏадамал релъизари буго мурад.\n«Магӏарул мацӏалъул рагӏаби рицине бажари гуро магӏарул мацӏ лъай. Лъазе ккола щибаб рагӏул магӏна, кинаб къагӏидаялъ ва киб гьеб рагӏи хӏалтӏизабизе бегьулебали. Гъорлъе раккун лъазабизе ккола гӏолохъанал актераз нилъерго мацӏ. Гьезие бокьани, гьеб бажарула». Гьадин абун букӏана халкъияв артист Хӏусен Казиевас, тӏадехун бицен гьабураб передачаялда.\nЖакъасеб сценаялда гӏезегӏанго руго магӏарухъ гӏурал, чваххун мацӏ бицунел, лъикӏаб гьунаралъул актерал. Цӏалуладай гьез аваразул классикал, раккуладай адабияталъул халкъияб нахъраталиде яги жидерго роль лъазабиялдалъундай лъугӏулеб магӏарул мацӏалъулгун гьоркьоблъи? Магӏарул роль хӏалел актерал ритӏун ккезаризе гӏурусалъ мацӏалъ режиссер ахӏтӏолев, малъулев режиссер вугони, актеразулги мацӏалъул гӏала-гъважа лъугьунарищ?\nБитӏун бицани, театралде ракӏцӏалароан ахирал соназ. Жанахӏалъуре лъугьарабго, гьениб дандчӏвалеб гӏурус мацӏалъ гали нахъехун тӏамизе бокьулаан. Бисавгӏалиев театралъул нухмалъуде вачӏин — гьеб буго театр бокьулезе унго-унгояб рохел. Халкъалда рагӏарав чи вугелъул, жавабчилъиги гьесда тӏад цӏикӏкӏараб букӏина. Лъикӏалщинал хьулал рухьинарулел руго магӏарул интелигенциялъ гьесда. Жинцаго 15 соналъ цебе абухъе, интеллигенция гьенибе цӏалеблъун театр гьабизе, шагьаралъул халкъалъул рухӏияб тӏалаб тӏубалеблъун, миллияб къеч хьвалеблъун гьеб лъугьинабизе къуватги кьеги Бисавгӏалиевасе ва театралъул тӏолабго коллективалъе.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ баркула Мухӏамадида гьаб миллаталъе кӏвар цӏикӏкӏараб хъулухъ ва гьарула чӏахӏиял бергьенлъаби.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "14214-ya-dun-ya-ebel-surizaruleb-zho-gabugeyan-mal-ulaan-insutsa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14214-ya-dun-ya-ebel-surizaruleb-zho-gabugeyan-mal-ulaan-insutsa", "title": "«Я дун, я эбел суризарулеб жо гьабугеян малъулаан инсуца»", "date": "2021-10-07 11:33:55", "categories": ["gara"], "text": "Муса Мухӏамадовасул кӏиго васасул цояв ккола Жамбулат Мухӏамадов — «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев. Дагьалъ цеве Аллагьасул къадаралде щун, гӏумруялдаса ватӏалъана цогидав вас — Махӏач. Гьес гӏезегӏан мехалъ нухмалъи гьабуна республикаялъул газетазулгун журналазул комплексалъе. Гьаниб гъоркьехун кьолеб гарачӏвариялда Жамбулат Мухӏамадовас ракӏалде щвезабулеб буго жиндиргоги вацасулги лъимерлъи, машгьурал эбел-инсул цоцаздехун букӏараб бербалагьи.\n— Жамбулат, цоцахъа рахъи гьарун, цӏализе ралагьулаан гӏадамаз дур инсул тӏахьал. Гьелдаса кинабгӏаги пахрулъи букӏунаандай гьесул? Гьединго рокъов кинавлъун дуда гьев ракӏалда чӏарав?\n— Гьединав машгьурав, гӏемерал тӏахьал къватӏире риччалев хъвадарухъан вукӏаниги, хъизамалъеги заман батулаан инсуда. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дида ракӏалда буго, Махӏачги дунги рачун, къойилго ралъдахъе хьвадулаан гьев, куцалаан нижелъ лъикӏаб гӏамал.\nГьаракь борхун цониги нухалда нижеда кӏалъарав чи гуро эмен. Гьес кидаго абулаан, вореги, нужеца я дун, я эбел суризаругейила гӏадамазда цереян.\nГӏумруялда жаниб щиб къварилъи бихьаниги, вореги, нужеца гӏадамазда тӏасан чорокал гӏарзал хъваге, мацӏал гьаругеян малъулаан гьес.\nГьесул гӏумруялъул хӏалбихьи букӏана. Гӏамал-хасияталъул рахъалъ жиндие данде кколарев чи вугони, расги жоги абичӏого, инсуца гьев рикӏкӏад толаан. Гӏагарал чагӏиги цӏакъ рокьулаан гьесие, лъималазул лъималги, вацазул лъималги. Мадугьалзабазулгунги лъикӏаб гьудулгьалмагълъи букӏана.\nРокъоб инсул лъиениги кинабгӏаги зарал букӏунароан. Ахиралда инсульт ккедал, кӏалъазе санагӏалъи букӏинчӏо гьесул. Гьеб мехалдагицин живго жинцаго тӏувазе хӏаракат бахъулаан гьес.\nИнсуца нижеда малъулаан гӏадамазул адаб гьабизе, гьезда гьоркьор гӏадатияб куцалда рукӏарахъине. Гьев живгоги вукӏиндалха цӏакъ гӏадатияв чи. Гьесулъ кутакалда цебе рехун бихьулеб жо букӏана киназдаго: СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, гӏемерал шапакъатал ругев машгьурав хъвадарухъан – амма живго хӏатталдаса ун гӏадатияв, рецц-бакъ къваригӏунарев, жинда сверухъ кинабгӏаги ахӏихӏур хӏажат гьечӏев чи гьев вукӏин. Хӏурматалъул гӏаламат кьолеб мехалдацин, жив гьеб босизе цодагьалъ хадув (киналго нахъе араб мехалда) вачӏине бегьуларищан гьикъун буго гьес.\nГьесие бокьулароан телевидениялъе, газетазе интервьюял кьезе, гьале дунилан, цеве вахъине.\nГьев кидаго гьимулевго гьимулев вукӏунаан. Росулъ, гьитӏинаб мехалда, дун хӏамида рекӏине ругьунлъунилан, лъимер гӏадин вохун, чӏухӏун вукӏана эмен. Дие гьеб росдал гӏамал, рукӏа-рахъин рекӏее гӏолеб бугилан абураб пикру букӏун батиларищха гьесул.\nГьитӏинго бигьаяб гӏумру букӏинчӏолъиялъ, гӏиси-бикъинаб жоялдасагицин рохел букӏунаан гьесул. Цӏакъ къимат гьабулаан богӏоллъиялъул. Дагьаб жоялда гӏейги гьабун чӏолаан. Масала, гьесул анищлъун букӏинчӏо модаялда бугеб, хирияб машина боси. Хӏалтӏизе гӏурал шартӏал ругони, гӏун букӏунаан гьесие. Гӏадамалгун гара-чӏваризе, гьудулзабигун дандчӏвазе щваниги, мурад тӏубалаан. Гьеб гьудуллъиги цо-кӏиго къоялъе гуреб, тӏубараб гӏумруялъего гьабулаан инсуца.\nМагӏарул мацӏги агъал хӏубазулъе щун лъалаан инсуда. Лъикӏаб даражаялда лъалаан гӏурус мацӏги. Литинститут гьес тӏокӏлъиялда лъугӏизабидалха.\nКваназе столалда нахъа гӏодор чӏараб бакӏалда эмен вугони, дунги Махӏачги дагьал рахӏатхварал гӏадин лъугьунаан. Гьесул ракӏ рекъолареб жо щибдай бугеб, школалда нижер цӏалуда хурхун кинаб къиматдай гьес кьелаян, халккун чӏун рукӏунаан ниж. Эмен нижеде киданиги вагъулароан, амма гьесда лъалаан ниж нечолеб куцалда, хадубккунги нижеца жиндир адаб рехун толаредухъ хабар бицине. Гьесул рагӏудаса хадур кутакалда намуслъизе бачӏунаан. Рачлица яги тӏилица рухиялдасаги цӏикӏкӏараб асар гьабулаан гьелъ.\nГӏумруялъ инсул жиндехунго рукӏарал тӏалабалги рихьулаан нижеда. Масала, дида цониги нухалда эмен вихьичӏо гьекъон яги гӏадамазе дагӏба-рагӏи гьабулев. Кидаго къартӏалда, вацӏцӏа-вакъадго вукӏунаан.\nКинабго жо гӏуждаги мухӏкангоги гьабизе бокьулаан гьесие. Кивениги сапаралъ вахъунев вугони, масала, Переделкиноялде унелъул, нусго нухалъ балагьулаан гьев эбелалъ кинабго хӏажатабщинаб къайи цадахъ лъун бугищали, цинги цевеккунго унаан вокзалалде яги аэропорталде, мухӏканлъизабизе ккараб жо бугодаяли балагьизе.\nГьес гьоркьоб течӏо цониги какги. Гьелги инсуца ралаан лъиениги зарал, къварилъи кколареб куцалда, сверухъ ругезда лъан-лъачӏого. Доб мехалдани гьеб балъгоги гьабулаан (идеология батӏияб букӏиналъ). Гьединлъидал дида эмен вихьулаан яги хъвадарулев яги какал ралев. Цӏакъ берцинаб хатӏги букӏана гьесул. Тира-сверизе къватӏиве вахъарав чи, цониги пикру ракӏалде бачӏани, хехлъи гьабун, къалмиде гьеб босизе вачӏунаан. Цинги цӏидасан тира-сверизеги унаан.\n— Гьелгощинал асаразе сюжетал кисадай гьес росулаан?\n— Инсул ракӏ цӏалеб бакӏлъун букӏана росу ва гьелъул гӏадамал. Гьесда ракӏ-ракӏалъ ричӏчӏулаан гьел. Гьесие кутакалда бокьулаан росуцоязулгун накъиталда вукӏине. Гьезги рицунел рукӏун ратиларищха гьесие батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ.\nТӏокӏкӏун лъалаан росдал гӏумруги. Лъаларел цо-цо жал баян гьарулаан. Гьелъги квербакъулаан инсуца гъодинал асарал хъваялъе. Росулъе-нахъе унелъул, гӏезегӏан мехалъ мугӏрузухъ балагьун чӏолаан гьев машинаялъуса къватӏивеги вахъун. Гьеб мехалдаги ургъулев вукӏун ватиларищха цониги къисаялда гъорлъ лъезе пикруялда тӏад. Магӏарул тӏабигӏат гӏемер рехсолеб бугелъул асаразулъ.\nКӏиабизе бугони, инсухъе рачӏунаан гӏорхъолъа ун гӏемерал кагътал. Почтальоналъ дунги Махӏачги гъоркье ахӏулаан гьел росизе. Цо нухалда кагътазул хачӏги кодоб ккун, дица вацасда абуна, Махӏач, рачӏа нилъеца гьал кагътал гӏодоре разе, инсухъа кида гьал цӏалун рахъунелин абун. Амма инсуда гьеб лъайдал, гьесие цӏакъ бокьичӏо. Жинца щибаб кагътие жаваб кьезе кколин лъазабуна гьес нижеда. Гьедин гьабизеги гьабулаан. Цояз инсухъе хъван бачӏунаан дуца кинабалиго тӏехьалда хӏарп-хӏарпккун жидер къисмат бихьизабун бугилан. Гӏолилазги хъвалаан, чӏахӏиязги хъвалаан, гӏисиназги хъвалаан. Гьезул щивасе данде жаваб инсуцаги битӏулаан. Цо-цоязе тӏахьалги ритӏулаан.\nГьединго рукӏана инсухъе жидерго къисматалъул бицун хъвадарулелги. Хадурккун гьел лъугьунаан къисабазул сюжеталлъунги. Къойилго ралъдахъе хьвадулаан гьев. Гӏезегӏан гьудулзаби гьенирги рукӏана гьесул. Жидерго ккара-тараб яги цогидазул рагӏараб гьезги бицунаан инсуда.\n— Гьесие хъвадаризе щиб мехалда бокьулеб букӏараб? Цо-цоязде шавкъ къаси сардилъ, цогидазде рогьалилъ щолин бицунелъул.\n— Инсуе кутакалда бокьулаан хасел. Гьединлъидал хъвадаризеги гьев аслияб куцалда хасало хъвадарулаан. Щай гьесие хас гьабун хасел бокьулеб букӏарабали лъаларо. Хасало гӏемер Переделкиноялде унев вукӏиналъгӏаги батила. Гӏурус ракьалда кутакаб гӏазуги бан, хӏатталдаса ун берцинаб хаселлъидалха букӏунеб.\n— Машгьурав хъвадарухъанлъун вахъиналде, районалъул газеталъул редакторлъунги вукӏанагури гьев?\n— Гьеб мехалда гьесул корреспондентлъун вукӏун вуго Мухӏамад Гӏабдуразакъов. Гьесул лъайги бажариги бихьун, инсуца Махӏачхъалаялде хӏакимзабазухъе кагъат хъван буго гьев кутакалда цеветӏурав вас вугин, хӏисабалде босеян. Гьелеха, гьелдаса хадув Гӏабдуразакъов МВДялъул министрлъун вахъана. Гьелъухъ инсуе кидаго баркала кьолев вукӏунаан Мухӏамад.\nГьесдехун гуребги, гьунар бугел киналго гӏолохъабаздехун букӏунаан инсул гьединаб бербалагьи. Жахӏда-хӏусудги букӏунароан. Гьелъул гӏаксалда, жинхъа бажарараб кумек гьабулаан.\n— Кӏиялго халкъиял (хъвадарухъанги поэтессаги) ругеб хъизан цохӏо нужер букӏанаха…\n— Гӏамалалъул рахъалъ гьел батӏиял рукӏана. Эбелалъул букӏана гьелегьараб цӏа гӏадаб, хехаб гӏамал. Эмен вукӏана гӏодове виччарав, сабурав. Амма кутакалда данде кколаан гьезул. Дида киданиги бихьичӏо гьел цоцалъ къацандулел яги барщун. Гӏодове виччараб гӏамал букӏаниги, инсул букӏана жиндирго пикруги рагӏиги. Творчествоялъул рахъалъги цоцазе цӏакъ кумек букӏунаан гьезул. Инсуца жиндирго асарал тӏоцере эбелалъе цӏалулаан. Гьелъги жинда рекъон рихьичӏел бакӏал хисизарейин абулаан.\n— Хадубккун нужеца махщел тӏаса бищулелъул тӏадкӏалъай букӏунаанищ гьезул?\n— Эбел-инсуе бокьун букӏана Махӏач гуманитарияб рахъалдеги ун, хъвадарухъан вахъине. Гьединлъидал филфакалде цӏализеги ана гьев. Багӏараб дипломалда лъугӏизабуна гьес гьебги Москваялда аспирантураги.\nДун экономистлъун цӏализе лъугьунелъул, инсуца кӏудияб дандечӏейго гьабичӏо. Амма хадув дун искусствоялда, хореографиялда гъорлъе вачӏиндал, гьеле гьеб иш дур бугин, гьев кутакалда вохун вукӏана. Эбелги разилъана.\nМахӏач банкалде хӏалтӏизе лъугьиндалги рекӏее гӏечӏо инсуе. Гьеб иш нилъер жо гурин, гьелъ нилъ цо къваригӏел гьечӏеб бакӏалде ккезаризе рес бугин абуна гьес вацасда. Гьединлъидал лъикӏ ккана Махӏач, жиндир заманалда банкги тун, басмаханаялде вачӏин. Инсуда гьединал жал хӏаладаго лъалаан.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "14216-dur-tiakhal-tsialichieb-khutianadaj-ruk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14216-dur-tiakhal-tsialichieb-khutianadaj-ruk", "title": "Дур тӏахьал цӏаличӏеб хутӏанадай рукъ?", "date": "2021-10-07 11:48:10", "categories": ["kultur"], "text": "Хириял «Хӏакъикъат» газета цӏалулел. Жакъа нижеца кьолеб буго нилъерго гӏагарав, къанагӏатаб махщалил хъвадарухъан, магӏарулазул машгьурав прозаик Муса Мухӏамадовасе сайигъат гьабураб чанго гьумер. Араб гӏасруялъул 60— абилел соназдаса байбихьун гьесул тӏехь цӏаличӏебги, хвел гьечӏел Мусал асараз ракӏал пана гьаричӏебги росу-рукъ, гъансито хутӏун батиларо магӏарухъ.\nИсана чӏаго вукӏаравани Мусал гӏумруялъул тӏубалан 95 сон. Цӏакъ хеккого анин абизе бегьула мунагьал чурад. 70 сонил гӏумруялда 1997 соналъул 26 февралалда ана гьев ахираталъул рокъове. Гьеб 70 сонил гӏумруялда жаниб, 70 цоялдаса цояб цоялдаса пасихӏаб, бечедаб, бергьун гъваридаб мацӏалда тӏахьалги хъвана Муса Мухӏамадвоас. Бечедаб адабияталъул ирс тана Мусаца нахъе. Советияб заманалда цоцазухъе кьун, щибаб гъасда, гӏухьбузул цӏадухъ, хури-харинир гӏодо чӏараб бакӏалда, хӏатта нухда рилълъун унагоцин цӏалулел рукӏарал Мусал тӏахьазул гӏемерисел жакъа кодоре щолел гьечӏо. Магӏарулазул адабият бокьулел жакъаги гӏащикъго руго гьесул тӏахьазде тӏаде къулизе, Мазгаруласулги Ханикалги гӏажаибаб рокьул хӏакъалъулъ цӏализе, Салимил Гӏашурал, Гӏалисултанил ва Зубражатил къисматалъул цӏидасан пикру гьабизе, гьелгун цадахъ рохизе ва пашманлъизе.\nЖакъасеб номералда нужее рес щвела машгьурав хъвадарухъансул творчестволъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго цӏализе, гьесул лъималазул ва гӏагарлъиялъул ракӏалдещвеязухъ гӏенеккизе. Харбалго гӏадин кутакалда пасихӏго хъварал Мусал кучдӏулги цӏализе.\nХъвадарухъанасул юбилеялда хурхун гӏуцӏарал тадбирал байбихьана Махӏачхъалаялдасан. Тӏоцебесеб октябралда, Поэзиялъул театралда, тӏобитӏана Муса ракӏалде щвезавиялъул дандчӏвай. Гьенив кӏалъазе вахъарав ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовас бицана Муса Мухӏамадовас хъварал хвел гьечӏел, магӏарулазе къиматалъун лъугьарал асаразул, щибаб гъасда гьел цӏалулел, цоцахъе кьолел рукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ. Бицана 14 сон барав жиндихъе, Гьоноде, Мусаца кагъат битӏун бачӏараб куцалъулги.\n— Гьитӏинавин, кӏудиявин абун батӏа гьавичӏого, чиясул адаб гьабизе лъалев чи вукӏана Муса. Хасго адабияталде тӏоцебесеб гали лъолел гӏолохъанал шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул къимат гьабулаан гьес. «Гьудуллъи» журналалде битӏараб дирго тӏоцебесеб кечӏалда тӏасан саламатаб тӏамач цӏураб кагъат Мусаца битӏун бачӏиндал, дир рохалие гӏурхъи букӏинчӏо. Хадур дандчӏвайдал, щулалъана нижер гьудулъиги. Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги гӏемер дандчӏвалаан, цадахъ гӏодор чӏолаан. Дица ракӏ-ракӏалъ абулеб буго Мусацаги Фазуцаги, вас гӏадин, къабул гьавурав чи вукӏана дун. Гьезул рокъобе кидаго рагьун букӏунаан нуцӏа ва, нуцӏаго гӏадин, кидаго рагьарал рукӏана гьезул ракӏалги, — ян абуна М. Ахӏмадовас.\nЛъикӏаб кӏалъай гьабуна Гьандихъ росдал Муса Мухӏамадовасул цӏаралда бугеб школалъул директор Мухӏамад Гъазалиевасги. Гӏолохъанаб мехалда гӏумрудул гьудул Фазуде Мусаца гьабураб кечӏ ахӏана ДРялъул халкъив артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевас, Фазуца Мусаде гьабураб кечӏ ахӏана Авар театралъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Хӏажиевалъ. Данделъаразе асар гьабураб кечӏ ахӏана ДРялъул мустахӏикъай артистка Машидат Гӏумарасхӏабовалъги. Театралъул гӏолохъанал артистаз рихьизаруна Мусал творчествоялда тӏасан сценкабиги.\nАхиралда кӏалъазе вахъарав Мусал васас, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мухӏамадовас баркала кьуна Поэзиялъул театралде рачӏаразе.\nГьединабго тадбир Мусал гӏагараб Гьандихъги тӏобитӏизе ракӏалда буго гьаб моцӏрол ахиралда. Амма гьеб къо тӏаде щвезегӏан чӏечӏого, Мусал ватӏаналде, ай Гьандихъе дица сапар бухьана 4 октябралда.\n«ЦӏИЯБ КАНЛЪИЯЛДА» МУСАЛ ХАТӏ ЦӏУНУН БУГО\nГьандихъе щвелалде сверана Хӏебда росулъе, Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул редакциялде. 1947-1949 соназда «Цӏияб канлъи» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе биччалеб букӏараб газеталъул редакторлъун вукӏана Муса. Гьениса ана гьев Саратовалъул партшколалде цӏализеги. Гьебги лъугӏизабун, Махӏачхъалаялде щварав чи, гьанжего гьанже Литературияб институтги лъугӏун вачӏунев Расул Хӏамзатовгун дандчӏвайдал, гьес мукӏурги гьавун, росулъецин щвечӏого, Литинституталде цӏализеги ана Муса. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, вуссана ватӏаналдеги.\nЛитинституталда цӏалулеб мехалдаго хъвазе байбихьана гьес машгьураб трилогия: «Къисас, «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби». Гьелъул хӏакъалъулъ жиндирго тӏехьалда гьадин ракӏалде щвезабулеб буго Мусаца:\n«Инсуе бокьун букӏана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскӏов вукӏине. Амма дир ракӏалъ батӏияб иш, ай адабият тӏаса бищана. Тӏоцебе бахъараб дир кечӏ жаниб бугеб газеталъул номерги босун дун вачӏиндал, гьес нодо букӏкӏинабуна: «Кечӏалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тӏощалица гурониянги» абун, довехун вуссун арав тӏокӏав дида кӏалъачӏо гьеб къоялъ. Амма чанго соналдасан дир «Къисас» тӏехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабни Къуръангӏанасеб тӏехь хъван бихьула васасилан» абуна гьес, аскӏор рукӏаразда. Гьеб букӏана дие бищунго кӏудияб рецц-бакъ, дица гьабураб хӏалтӏуе щвараб бищун кӏудияб къимат. «Инсуе бокьун букӏана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскӏов вукӏине. Амма дир ракӏалъ батӏияб иш, ай адабият тӏаса бищана. Тӏоцебе бахъараб дир кечӏ жаниб бугеб газеталъул номерги босун дун вачӏиндал, гьес нодо букӏкӏинабуна: «Кечӏалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тӏощалица гурониянги» абун, довехун вуссун арав тӏокӏав дида кӏалъачӏо гьеб къоялъ. Амма чанго соналдасан дир «Къисас» тӏехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабни Къуръангӏанасеб тӏехь хъван бихьула васасилан» абуна гьес, аскӏор рукӏаразда. Гьеб букӏана дие бищунго кӏудияб рецц-бакъ, дица гьабураб хӏалтӏуе щвараб бищун кӏудияб къимат. Дун Литинституталде нахъвуссун индал, вацасда цӏализабун буго гьес тӏубараб тӏехь. Вацас бицунаан, жиндирго гӏумру цебесан унеб бугеб гӏадин, вохун вукӏанила эменин абун».\nРайгазеталъул редакциялда гьабсагӏатги нахъе цӏунун руго Муса редакторлъун вукӏараб заманалда риччарал газетазул подшивкаби. Цохӏо гьенир гурони, тӏокӏал кирниги басмаялда рахъичӏел Мусал кучӏдулги цӏализе щвана гьенисан.\nЖиндиего хасиятаб, хадурккун хъвазе ругел тӏахьазего гӏадаб, бегӏераб пагьму-гьунар букӏун буго Мусал газеталъе редакторлъи гьабизеги. 73 соналъ цебе къватӏибе биччараб газеталъул гьурмазда буго унго-унгояб магӏарухълъи. Къоло цоабилеб гӏасруялъул цивилизациялъги нано-технологиязги хисизабичӏеб умумузул заман буго гьениб бессун. «Цолъи» газеталъул редактор Патӏимат Мухӏамадовалъ кьураб белъараб хъабхъил хӏалги бихьун, хурдузул чайги гьекъон, сапар бухьана Гьандихъе.\n«ГУХӏДУЛЪГИ, БАКЪДАБГИ, ГЬАНЖЕ ГЬАНДИХЪГИ»\nКьерхараб хасалихълъиялъул къо. Халкъияв хъвадарухъанас жиндирго асаразулъ гӏемер рехсараб Гьандихъ росу. Амма тӏахьазда гьелъул цӏар чанги батӏияб къагӏидаялъ дандчӏвала нилъеда: Бакъдаб, Гухӏдулъ. Бакъдаб росдал хӏакъалъулъ бицен гьабун буго «Мугӏрул сухъмахъазда», «Борч» тӏахьазда ва «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби» трилогиялда. «Бакъдасел» абураб новеллабаздалъун хъвараб тӏехь тӏубанго росуцоязул гӏумруялъул хӏакъалъулъ хъвараб буго. Кин кӏочон телел копол къучӏбиян гьес жинцаго цӏар лъурал Хӏасанилавги Исхӏакъги. Гьесул лъимерлъидул гьудул Къадиги, Дибирги, бригадир Гӏалихӏмал битӏккечӏеб къисматги, Гӏумарчол къарумлъиги, кӏухӏалав Мутӏалибил вахъарав хӏаракатав вехьги.\nРакӏалде щвезабилин «Бакъдасел» тӏехьалъул байбихьудаса цо гьитӏинабго кесек.\n«…Цо-цо къвалакь цо-цо хъарпузги ккун, ссанаби къотӏун, щобал рахун росулъе унеб нухде лъугьана дун. Рикӏкӏадасанго гӏадин ганчӏида гьецӏокъ кьабулеб гьаракь чӏвана гӏинда. Щал гьелали лъазе бокьун, надалда кверзул щурунги гьабун валагьарав дида щугоял рихьана Чӏегӏераб ганчӏида цере. Гьагъав хӏосги кодоб ккун бугев чи Исхӏакъ-даци вуго. Гьале гьев гьанивехун вуссун вачӏана ва, дунги вихьун, гьимулаго данде вачӏине лъугьана. Гьесда данде гали дицаги тӏамуна. — Вай, гьеб къо бихьун шагьаралдаса баччичӏониги, росулъ дагьабищ хъарпуз букӏараб. Сонги хъутаналдаса бачӏун складалда цебе кӏиго машина чӏехьараб гъуни бугин гьелъул, — ин абуна гьес, хъваш-баш гьабилалдего. — Росулъе сайгъат босиялдаса ун буго иш, — илан абуна дица ва тӏадеги жубана бакъдасел хӏайранлъиларин хӏанчӏил рахьги босун дун вачӏанигиян. — Цо-кӏиго шампанскиялъул шиша босун букӏарабани, дунги разияб, дур налъиги тӏубараб мурад, — илан абуна гьес хадубги. — Бихьулищ, Къадил ригьда цебеса гамачӏ нахъе гьабизе тӏаделъун руго ниж. Цебе гьадинаб мина, хьилил цӏадухъги кӏусун, басриябго буртинадукь сардал рогьунев вехьасдаяли киса, росулъго бечедав Чупаласдаги макьилъ бихьулеб жо букӏинчӏо. Дос тӏоцебе рагъида цӏер ккураб мехалъ, ракӏалда буго, бащдаб росуго букӏана хӏайранлъун. Цӏерги ккураб рагъи буго досулин кицибицаде тӏамулаан. Гьанже кинабго хиса-басун бугеб куц», — илан абуна Исхӏакъица пашманго гӏадин…\nГухӏдулъ росу нилъеда батула «Бигьародул гъутӏби» тӏехьалда. Жиндирго гьитӏинаб заманалъул, вац Мухтарил, эмен Гӏабдулал, гьесул ункъавго вацасул, Бариян кӏодол, Султӏан-кӏудил хӏакъалъулъ хъвараб асар буго Мусал гьеб тӏехь. Гьелъул цо гьитӏинабго бутӏа цӏализе бегьула жакъасеб номералъул 14-15 гьурмазда.\nБариян-кӏодоги гьелъул рос Султӏанги хӏакъикъаталдаги рукӏарал гӏадамал кколин бицана Гьандихъ. Тӏехьалда хисизарун лъун руго гьезул цӏарал, Мусал инсул хӏикъикъияб цӏар букӏана Гӏабдулалмухӏамад. Инсул вацал кколаан Султӏан-хӏажияв, Мусахӏажияв, Гӏабдулалмухӏамад (Мусал эмен), Наби ва Тукъу.\nГьелго гӏадал, хӏакъикъаталдаги Гьандихъ рукӏарал чагӏи ккола Хӏасанилавги Исхӏакъги. Бакъдаб росуйин Мусаца рехсолеб бакӏ ккола, гьесул инсул мина бугеб росдал авал. Бакъудехун рахъ букӏиналъ лъураб буго гьединаб цӏарги.\nГьандихъ дандчӏвай гьабуна Мухӏамад Гъазалиевасги школалъул учительлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Шамсудиницаги. Хӏумайд-афандиясул наслуялъул чиги ккола Шамсудин. Хӏеренаб каламалъул, велъун гурони кӏалъаларев чи вуго гьев. 1986 соналъ Муса Мухӏамадовасул юбилеялде гьесги цогидав мугӏалимасги хӏадур гьабураб стенд буго гьабсагӏаталдаги Гьандихъ росдал школалъул жанахӏалъуб къеда бан.\nШколалда бугеб Мусал музей-рукъалъул хӏакъалъулъ чанго нухалда цӏалунги, телевизоралдасан бихьунги букӏана. Гьениве щведал, битӏахъе Мусал рокъове щвараб гӏадаб асарги лъугьана. Махӏачхъалаялда букӏараб Мусал кинабго къайи-цӏа бакӏарун буго Гъазалиев Мухӏамадица гьенибе. Буго гьениб 50 соналъ Муса нахъа гӏодов чӏараб стол. Гьеб столалда нахъа хъвана Мусаца гӏемерал тӏахьал. Гьесул букӏараб диван, радиоприемник ва гьеб гуребги, ай хъвадарухъанас квализабурабщинаб жо босанин гьанибеян абуна Мухӏамадица. Амма бищунго асар гьабуна Мусал букӏараб какикьтӏамалъги, как балеб мехалъ лъолеб букӏараб тӏагъуралъгун чӏумазги. Гьеб какикьжоялда тӏад рогьалил какдаса хадув къадаралде щвана Муса.\nКъеда ран руго гӏолохъанаб мехалъ ва хадуб харадунирги рахъарал Мусал суратал. Цогидаб къед цӏезабун буго магӏарулгун гӏурус мацӏазда рахъарал гьесул тӏахьаз. Гьеб киналдего бер щвезабуна, кӏудияв хъвадарухъанасул бечедаб ирсалда цеве эхетун, сихӏкъотӏиялъ кверде восана.\nГьединаб букӏана Гьандихъе гьабураб сапар. Цӏад балеб букӏун, ракӏалда букӏанщинаб бакӏалде щвезе санагӏалъи ккечӏо. Хъвадарухъан жанив гӏураб гьесул инсул минаялъухъе щвезеги ният букӏана. Гьединго ният букӏана Мусал лъимерлъиялъул гьудул, гьес жиндир го асаразулъ рехсарав Мухӏамадов Сайгидил гӏагарлъиялъухъе щвезеги. Сайгид ккола Мусал кьерилав, 17 сон барав чи нагагьаб балагьалдалъун къадаралде щвана гьев. Мусаца гӏадин, гьесги хъвалаанин кучӏдулилан бицана М. Гъазалиевас.\nПалхӏасил, гьединаб сапарги ккун вуссана тахшагьаралде. Жинцаго Мусаца «Бакъдасел» абураб тӏехьалда абухъе ккана:\n«Сон къотӏнов дандчӏвана Къади. Лъадул кӏодолгун къо-лъикӏ гьабизе унев вуго, — ян абуна гьес. — Жиндихъего щвечӏого дун ун ватани, тамашаго ракӏбакъвала долъул. Херлъараб мехалъ нилъги лъугьинадай додин манзил къокълъун».\n«Кигӏан хехго арал дур отпускалъул къоял?» — илан гьикъана дица пашманго. Гьале гьаб нухалъги щвечӏо рекӏел гьудуласулгун гьуинаб хабаралда гӏодор чӏезе. Гьединго инсудехун бикьизе букӏараб ургъел, урхъи буссинегӏан гьесухъ гӏенеккизе букӏараб анищги хутӏана рекӏел тӏиналда тӏупухъе. Гьаб нухалъги нахъосалалде тӏамундай гьеб хутӏизехъин бугеб? Кида гьеб нахъосалахъ мехго щолеб? Щибаб нухалъ гьале гьадин роржун ун ратула росулъ тӏамурал къоял ва тӏубачӏого анищгун вуссуна дун шагьаралде», — ян хъвана Мусаца.\nШагьранухде щвезегӏан дида цадахъ вилълъарав чи ватана Мусал вацгӏаласул вас Гьитӏинамухӏамадхӏажияв. Гьитӏинамухӏамадхӏажиявги гӏемер рехсон вуго Мусаца жиндирго тӏахьазда. Гьев ккола Мусал эбелалъул кӏудияв эмен. Гьесул цӏар лъурав Гьитӏинамухӏамадхӏажиясда цадахъ вукӏана Гьандихъ росу тезегӏан. Цӏакъ гьуинаб хабаралъул чи ватана гьевги. Инсул вацгӏаласул хӏакъалъулъ гӏемерал ракӏалдещвеялги рукӏана нух тезегӏан рицунел. Цӏакъго халалъулеб букӏун гьанир кьечӏого толел руго. Къваниб росдал рагӏалда, хасалихълъиялъул тӏогьилаб ретӏел ретӏарал гъутӏбиги нахъа ккезарун, Гьитӏинамухӏамадхӏажиясул суратги бахъана.\nЛъугӏизабизе бокьун буго Мусал «Мугӏрул сухъмахъазда» абураб тӏехьалъул ахиралда ругел мухъаздалъун:\n«Гьанже абуни дун шагьаралде нахъвуссунев вуго, тӏоцебесеб тӏехьги лъугӏизе толеб буго. Гьале дун дирго хабар байбихьараб бакӏалде — росдал магъил багъилаб расалъуде, чинаридул гъотӏокь кьижарав Мухӏумаханасул хабаде вачӏун вуго.\nХасалихълъиялъул гьороца хьвагӏезабулеб буго гьесул хабада гьарзаго бижараб, роол кьер свараб хер. Хвачезарун тӏамхалгун дида тӏаде къулун буго пири речӏчӏун бихъараб гьаб ганчӏидаса аскӏоса баккун бачӏараб, гьанже кӏудияб гӏураб чинаридул гъветӏ. Гьелъул тӏанхазул щуриялъусан дида рагӏулеб бугин ккола: «Гьанибе дуда нух къосунге, чӏагоязда хварал кӏочене бегьуларо», — абун гьабулеб калам.\n«Кидаго къосинаро», — ян жаваб кьола дицаги.\nАшахан ЮСУПОВ, Гьандихъ-Махӏачхъала\nАвторасул суратал"}
{"slug": "14405-gripp-tiagiun-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14405-gripp-tiagiun-gechio", "title": "Грипп тӏагӏун гьечӏо", "date": "2021-10-18 09:41:37", "categories": ["med"], "text": "Цо-цо мехалда ракӏалде ккола коронавирус баккаралдаса гриппа лъул вирус тӏубангодай тӏагӏарабилан абун. Ахираб заманалда корона- вирусалъул гуреб, гриппалъул хӏакъалъулъ бицунеб яги унтун ругин абулебго рагӏуларелъулха. Коронавирус баккаралдаса цогидал унтаби щай кӏочон тарал? Щибаб соналъул ихдал ва хасалихъе тӏибитӏулеб букӏараб грипп кибе араб? Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Анна Поповалъ «АиФ» газе- талъе кьураб баяналда хъвалеб буго:\n— Тӏаде щвараб гриппалъул эпи- демиялъулаб сезоналъул руго жин- дирго хаслъаби, гьединлъидал гӏалимзабаз, специалистаз, диргун ишцояз лъикӏаблъун бихьизабулеб буго гриппалде данде улкаялъулго халкъалъе прививка гьабизе. Щибаб соналда рахунел унтаба- зул сезоназул заманалда тӏоритӏулел гриппалъул эпидемияз дунялалъул- го гӏадамазул 5-10 процент унтула. ВОЗалъул баяназда рекъон, грипп унтудаса санайил 650 000 чи хола. 2021-2022 соназул хаслихъегун хасалил заманалда грипп, ОРВИ унтаби рахиналъул рахъалъ хӏинкъи цӏикӏкӏараб буго. Гъоркьиса гьадинаб заманалда грипп унти бахиналъул хӏужаби гӏемер рукӏинчӏо. Гьелъие гӏиллаги буго доб мехалда гӏемерисезе вакцинация гьабун букӏин ва унтудаса цӏуниялъул масъалаби тӏуран рукӏин. Масала, гӏадамаз маскаби ралел рукӏана, дезинфекция гьабулаан, цоцазда аскӏоре къачӏого, манзил цӏунулаан. Исана грипп унтул тӏоцересел хӏужаби август моцӏалдаго тӏатана. Гриппалъул чанго багъари сен- тябрь моцӏалдаго къотӏинабуна. Гьеб кӏиябго моцӏида жаниб «Век- тор» ГНЦ ВБялъул лабораториялъ РФялъул 18 субъекталда А(Н3N2) гриппалъул 100 лъугьа-бахъин тӏатинабуна. Грипп кидаго де- кабрь-январь моцӏазда багъарулаан. Ахираб 10 соналда жаниб исана тӏоцебесеб нухалда буго гьадигӏан хехго гриппалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб. А гриппалъул вирусалъул кӏиго штамм хисун буго. ВОЗалъул баяназда рекъон, гриппалъул вакцинабазул штаммазулъги хиса-басиял гьарун руго. Цереккун гьединал штаммал дандчӏвалароан, гьедин- лъидал гьелде данде гӏадамазул им- мунитетги гьечӏо. Лъабабизе бугони, гриппалъ ун- тиялда хӏинкъи бугел, иммунитет загӏипал гӏадамазул къокъабазде тӏаде жеги цоги къокъаги бачӏун буго. Цӏех-рехазул баяназда рекъон, грипп бахиналда хӏинкъи буго коро- навирусалъ унтаразеги. COVID-19 унтаразул иммунитет гриппалде данде къеркьезе ккани, гӏумруялда хӏинкъараб хӏал лъугьине рес буго. Кинха гьебгун къеркьелел? Гьеб ахӏвал-хӏалги цебечӏун, нижеца хӏукму гьабуна, гьаб сезоналда улкаялъул халкъалъул 60 проценталъе гриппалде данде ва унтиялда хӏинкъи бугезда гьоркьоса 75 проценталъе прививкаби гьаризе. Гриппалъул вирус тӏибитӏизе байбихьилалде, нилъго ва гӏагарлъи цӏуниялъе вакцина гьабиялъе бищунго санагӏатаб ва лъикӏаб заман буго сентябрь-ноябрь моцӏал. Лабораториял цӏех-рехазда рекъон, гьаб заманалда тӏиритӏулел руго гриппалъулал гурел (этиологии) унтабиги, парагриппалъул вирус, аденовирус ва цогидалги сезоналъул ОРВИял. Гӏемерисез цӏехола, гриппалъулги коронавирусалъулги вакцинация кин гьабизе кколебин абун. Цояб унтуде данде вакцинация гьабун моцӏ араб мехалда гурони цогидаб гьабизе бегьуларо. Россиялда гриппалде данде чӏобого гьабула гӏемерал соназ хӏалбихьараб, нилъерго вакцина. Исана нилъер гӏадамазе квадрива- лентная вакцинаги щвезе рес буго. Гьелъ гриппалъул вирусалъул ункъо батӏияб тайпаялдаса цӏунула. Ахираб лъабго анкьида жаниб ОРВИялъул, гриппалъул эпидемия тӏибитӏун буго РФялъул 62 субъекталда. Гьединаб ахӏвал-хӏал ноябралъул ахиралда яги декабралъул байбихьуда гурони букӏунароан. Гьаваялдаса рахунел унтабаздаса цӏуниялъе маскаби разе, гӏадамал ругеб бакӏалде рахъинчӏого чӏезе ва дезинфекция гьабизе ккола.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА\n11 октябралда гьарурал цӏех-рехазул баяназда рекъон, Россиялда гриппалде данде прививкаби гьаруна 25,66 миллион чиясе (улкаялъулго гӏадамазда гьоркьоса 17,6 процент), гьезда гьоркьоб 6 миллион лъимадуеги."}
{"slug": "14473-bekilalde-bukhun-l-iki-betier", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14473-bekilalde-bukhun-l-iki-betier", "title": "Бекилалде бухьун лъикӏ бетӏер", "date": "2021-10-21 11:13:55", "categories": ["vakcina"], "text": "Гьабсагӏаталда халкъалъул 46 миллион чияс гурони вакцина гьабун гьечӏо. Гьеб буго цӏакъго дагьаб къадар. Гьединлъидал улкаялда коронавирусалде данде къеркьезе вакцина гьаби хӏалуцинабизе ракӏалда буго улкаялъул нухмалъулезда.\nРФялъул сахлъи цӏуниялъул министр Михаил Мурашкол рагӏабазда рекъон, улкаялда вакцинаялъул рахъалъ щибго къварилъиги гьечӏо.\n«Хӏажатаб къадаралда вакцина битӏун буго щибаб регионалде. Гьединлъидал щивав чиясда тӏадаб буго гьеб гьабизе. Гурони, унтулезул ва гьелъул хӏасилалда холезул къадар цӏакъго цӏикӏкӏунеб буго. Вакцина гурони гьеб унтудаса цӏунулеб цоги къагӏидаги гьечӏо», — ян бицана сахлъи цӏуниялъул министрас.\n19 октябралде ругел баяназда рекъон, цо сордо-къоялда жаниб улкаялда хъвай-хъвагӏай гьабун буго 33740 унтарасул. Сахлъун вуго 23426 чи. Дагъистаналдайин абуни гьезул къадар бахуна 140 чиясде. Гьединлъидал нилъер щивасда тӏадаб буго цӏодорлъи гьабизе… Хадуб кватӏун ккечӏого букӏине. Ахираб заманалда тӏолабго улкаялдаго коронавирусалъ унтулезул къадар къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб букӏиналда бан, Россиялъул хӏукуматалъул вице-премьер Татьяна Голиковалъ лъикӏаблъун бихьизабуна 30 октябралдаса бахъараб анкьабилеб ноябралде щвезегӏан гӏодоркъоял лъазаризе кколин абун. Гьедин гьабиялъул мурадги буго гӏадамал хӏалтӏуде рахъинчӏого самоизоляциялда чӏезари. Гьеб пикруялъул рахъ ккуна улкаялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустиницаги Россиялъул президент В. Путиницаги.\n«Унти тӏибитӏичӏого букӏиналъул мурадалда чара гьечӏого гьабизе кколеб тадбир буго гьеб. Гурони, цӏакъго гӏемерлъизе руго унтаразул ва гьелъул хӏасилалда холезул къадар», — ан абуна вице-премьералъ.\nГьединго гьелъ хӏалтӏикьолел ахӏана хӏалтӏухъаби кӏиго къоялъ рокъор тезеги, ай гьез вакцина гьабизе букӏине. Гьелдаго цадахъ 60 ва тӏадехун сонал рарал чагӏи, ункъо анкьалъгӏаги, чара гьечӏого самоизоляциялда чӏезаризе яги рикӏкӏадасан хӏалтӏулеб къагӏида гьабизе кколинги лъазабуна Т. Голиковалъ."}
{"slug": "14474-respublika-bagiarab-keraldal-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14474-respublika-bagiarab-keraldal-un", "title": "Республика-багӏараб кьералдалъун", "date": "2021-10-21 11:15:42", "categories": ["vakcina"], "text": "18 октябралда ДРялъул нухмалъиялда тӏобитӏана коронавирус тӏибитӏунгутӏиялда бан гӏуцӏараб оперативияб штабалъул данделъи.\nДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Сергей Меликовас бицана «Стопкоронавирус.рф» абураб сайталда араб анкьалъ тӏолабго улкаялдаго бугеб хӏал багӏараб кьералъ бихьизабулеб букӏанин. Гьелъул магӏна кколила вакцинацияги тестированиеги нилъер гьаниб гӏураб къадаралда гьабунгутӏи. Кигӏан гӏарац биччаниги, гьеб рахъалъ план тӏубалеб рагӏуларо. Масала, риидал ПЦР-анализал гьаризе биччан букӏун буго 67 млн гъурущ. Гӏагараб заманалдаги биччазе буго 204 млн гъурущ. Гьеб харж гьабизе буго гӏадамазе вакцина гьабуралъухъ медиказе премиял хӏисабалда.\nМеликовасул баяназда рекъон, жакъа республикаялда вакцина гьабун буго 480 чиясе. Амма сентябралдаги октябралдаги гьеб дагь гьабун буго.\nРоспотребнадзоралъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев Николай Павловас бицухъе, республикаялда хъвай-хъвагӏай гьабун буго ковидалъ унтарав 54 азарго чиясул. Анкьалъ цебе микьго район букӏана тӏаде унтарав чи гьечӏел. Гьанже гьеб лъабго гурони гьечӏо — Бежтӏа участок, Цӏунтӏа ва Лак районал.\nАслияб куцалда унтулел руго 30-59 сонал рарал гӏадамалги лъималги. Амма больницаялде рачӏунел гьечӏо, иш ахиралде ккараб мехалда гурони. Гьединго унтунги рукӏун, эркенго гӏадамазда гьоркьор чӏолел руго. Гьелъ хехго унтиги тӏибитӏулеб буго.\nУнтарал цӏакъго гӏемерлъани, кислородалъул гӏунгутӏи букӏинецин бегьулин хабар буго. Гьабсагӏаталда гьеб къваригӏарал унтаразул къадар бахун буго 670 чиясде. Сахлъи цӏуниялъул министрасул ишал тӏуразарулей Татьяна Беляевалъ бицана 49,5 млн гъурщихъ кислород кьолеб 15 газификатор босун бугилан. Цӏакъго захӏматал унтарал регарал больницабазда лъун рагӏула гьел. Гьединго ноябралдехун гьединаб цо алат лъезе буго Гъизилюрт шагьаралъул больницаялдаги. Гьелдаса хадур лъезе руго цогидал шагьараздаги (анкьго газификатор).\nМеликовас республикаялъул Минпромторгалда тӏадкъана кислород нилъерго гьаниб гьабулеб къагӏидаялда тӏад ургъеян.\nГьениб бицухъе, вакцина гьабидал щолеб QR-код гьечӏев чи кӏвар бугел идарабазде виччачӏого тезеги рес буго."}
{"slug": "14475-khabarovskiyaldasa-biznes-turgun-dag-istanalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14475-khabarovskiyaldasa-biznes-turgun-dag-istanalde", "title": "Хабаровскиялдаса бизнес-тургун — Дагъистаналде", "date": "2021-10-21 11:19:02", "categories": ["obshestvo"], "text": "ьал къоязда Хабаровск краялдаса туроператоразул анцӏгониги къокъаялъул вакилзабаз хӏухьбахъи гьабуна нилъер республикаялда – Дербенталда, Дагъогниялда, Хунзахъ, Сулахъ къварилъухъ, Чӏикӏаб хӏорихъ, Гъуниб районалда.\nГьелъие квербакъи гьабуна гьеб краялда вугев ДРялъул официалияв вакил Бейдулагь Гӏисаевас, республикаялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул, гьединго Туризмалъулгун халкъиял махщелазул рахъалъ гӏуцӏараб министерствабаз.\nГьедин бицана 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда. Гьелда гӏахьаллъана Бейдулагь Гӏисаевги миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министрасул заместитель Арсен Махӏмудовги.\n«Цере Хабаровск краялда гӏумру гьабулел гӏадамал хӏухьбахъизеги бизнесалъул ишазги унаан Китай, Корея, Тайвань гӏадал улкабазде. Пандемия байбихьун хадуб гьенибе нухги къан, улкаялда жаниса-гӏебеде сапарал гьаризе байбихьана гьез. Гьедин тӏаса бищараб буго Дагъистанги. Амма батӏи-батӏиял харбазда божун, цо-цоял хӏинкъана гьанире рачӏине», — ян бицана Б. Гӏисаевас.\nБизнес-туралъул вакилзаби разиго хутӏана тӏабигӏаталдасаги ракӏ рагьарал нилъер ракьцояздасаги. Хасго Хунзахъ, Цӏобокь рагӏалалъги цогидал бакӏазги асир гьарурал гьел чӏун рукӏун руго чадрахъ сордоги бан, дагьабги мехалъ жал гьанирго теян.\nБ. Гӏисаевас бицухъе, цебеги жеги ункъо батӏияб къокъа бачӏун букӏун буго Дагъистаналде. Масала, гьесул квербакъиялдалъун гъоркьиса Шамил районалда тӏоритӏун рукӏана Хабаровскиялдаса спортсменазул спортивиял сборал.\nДуца гьалбал Шамил районалдеги, Хунзахъеги, Гъуниреги, Чӏикӏаб хӏорихъеги рачун ругин, цониги нухалъ мун гьелгун цадахъ дурго Хив районалде щай щвечӏевин абун махсаро гьабуна Гӏисаевасе пресс-конференциялда табасараназул газеталдаса журналисталъ. Ракӏ-ракӏалъ жиндир пикруялъул рахъ ккураб бакӏалде анин живин жаваб кьуна гьесги. Гьединго тӏаде жубана магӏарулал, табасаранал абун, жинца Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб кинабгӏаги батӏалъи гьабуларинги.\nГӏисаевасул рагӏабазда рекъон, туристазда гьоркьор рукӏине бегьула инвесторлъи гьабизе рес бугел гӏадамалги. Гьединлъидал гьес гьаб ахиралда гьабураб сапаралда «Бизнес-тур в Дагестан» абун цӏарги лъун букӏараб.\n«Дир хӏисабалда, Хабаровскиялдаса туристазе рекӏее гӏун батизе ккола этнотуризм, гастротуризм, промышленнияб, стоматологиялъул ва зияратчилъиялъул туризм. Масала, Дагъистаналда цаби-гӏусал къачӏалел тохтурзабиги лъикӏал, багьабиги учузал ругилан, гӏезегӏан гьалбал рачӏунел руго Россиялдаса. Дагъогни шагьаралда бугеб цӏер гьабулеб заводалъги асир гьаруна гьел. Щиб лъалеб, гьеб рахъалъ бухьенал гьаризе къасд ккарал гӏадамалги ратила туристазда гъорлъ», — абун кӏалъана Бейдулагь Гӏисаев.\nГьесда ракӏалда буго Хабаровскиялдаса Махӏачхъалаялде самолетазул рейсал рагьиялъе квербакъизеги. Нилъер аэропорталъул вакилзабазулгун кӏалъа-басайги гьабун буго гьес гьал къоязда. Пачалихъалъги кумекги гьабуни, белтил багьа 20-30 азарго гъурщиде букӏине бегьулин бицана Гӏисаевас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, Хабаровск краялда гӏумру гьабулеб буго щуазарго дагъистанияс. Гьединго рагъулаб хъулухъалдаги вуго нилъер гьаниса кӏиазаргониги чи.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "14476-27-yalde-bakhana-marshrutkayal-ul-taksi-khirago-chiana-takhshagaralda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14476-27-yalde-bakhana-marshrutkayal-ul-taksi-khirago-chiana-takhshagaralda", "title": "27-ялде бахана Маршруткаялъул такси хираго чӏана тахшагьаралда", "date": "2021-10-21 11:21:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Газеталъул араб номералда хъван букӏана Махӏачхъалаялда нахъеги рекӏадухъ босулеб багьа хира гьабизе бугин абураб хабар тӏибитӏун букӏиналъул хӏакъалъулъ. Тахшагьаралъул мэриялъ гьеб баян тасдикъ гьабун букӏинчӏо. Амма 18 октябралда, «Астория», СТС, «Сктранс» ва «Трансфлот» транспорталъул ункъо компаниялъ Махӏачхъалаялъул администрациялде кагъат битӏана, жидеца багьа бахинабулеб бугин абун. Гьанже маршруткаялда рекӏаралъухъ кьезе ккола 27 гъурущ. Цебе кьолаан 23 гъурущ.\nМахӏачхъалаялъул администрациялъул транспорталъулаб управлениялъухъа нижее баян щвечӏо. Гьезул телефоналде чанцӏул ахӏаниги, хӏасилги ккечӏо. Тӏадехун бицен гьабурал «Астория», СТС, «Сктранс» и «Трансфлот» компанияз багьа бахинабиялъе гӏиллалъун бихьизабун буго цӏатариги машинаялъул цогидал гӏиси-бикъинал алаталги хиралъун рукӏин.\n36 гъурущ бугин гьабсагӏат Махӏачхъалаялда газалъул цо литрадул багьа. Гьелдаго цадахъ, зама-заманалдаса машинаялда хисизе ккола гьакал, чирахъал ва гьеб гуреб цогидабги. Гьеб кинабго учузго чӏолеб гьечӏин бицана нижее Махӏачхъалаялъул №69 «а» маршруткаялда хӏалтӏулел водительзабаз.\n— Киназдаго кколеб батила багьа бахинабурал чагӏи ниж ругин. Амма гьел мекъи руго. Тӏадехун ругел идарабаз гьабулеб жо ккола гьеб. Нижееги бокьилаан кинабго хиралъичӏого букӏунебани. Гьединго бичӏчӏула щибаб къойил маршруткаялда рекӏине кколел гӏадамазе 27 гъурущ кьей расги бигьаяб жо гуреблъи. Амма щибха гьабилеб нижеда бараб жо гьелъул гьечӏелъул, — ян бицана маршруткаялъул шофер Гӏ. Гӏумарасхӏабовас.\nРекӏадухъ багьа бахине бугин 15 октябралдаго лъазаби чӏван букӏана щибаб маршруткаялда. Амма киназго цадахъ циндаго багьа бахинабичӏого букӏине, жидеца къотӏи гьабунин, 18 октябралдаса байбихьун цо компаниялъ бахинабулеб къагӏида гьабизеян бицана шоферзабаз.\nГьеб ахӏвал-хӏалалда бан щибха абулеб бугеб пассажираз? Щибаб къоялъ маршруткаялда рекӏун хӏалтӏуде-нахъе ине кколел гӏадамал гӏемер руго. Хӏатта цо-цояз кӏигониги хисизе ккола гьеб. Мисалалъе, гьединазул цояй ккола Хунзахъ районалдаса Гӏабидат Гӏалиева. Гьей хӏалтӏулей йиго шагьаралъул школалда мугӏалимлъун.\n— Кӏиго батӏияб бакӏалда хӏалтӏулей йикӏиналъ кӏигониги маршрутка хисизе ккола дица. Гьебгиха цо рахъалде. 23 гъурущцин дагьаб жо гуро дун гӏадал, кӏудияб харж гьечӏел чагӏазе. Гьанже 27 гъурущ босизе байбихьана. Цо рахъалде кӏиго маршрутка хисизе ккани, 54 гъурущ кьезе ккола. Къаси рокъоеги рекӏине ккани, унеб буго гьебго 54 гъурущ. Къойие 108 гъурущ. Моцӏида жаниб цохӏо рекӏадухъ кьезе кколеб буго гӏага-шагарго 3000 гъурущ. Кванихъищ кьелареб гӏарац, ретӏел-хьитищ босилареб? Мугӏалимасул гъаримал гъурщал цохӏо кванихъги рекӏадухъги кьун тӏагӏинехъин руго моцӏида жаниб.\nНилъер республикаялда тӏокӏаб чӏечӏого бицуна коронавирусалдаса цӏунизе жамгӏияб транспорталда соцалияб дистанция цӏунизе кколин абун. Амма цо-цо маршруткабахъ балагьеха, гӏодор чӏаразулни бицинарин, рахъун чӏун, цоцалъ къан, битӏахъе консервадул банкаялда жанир гӏадин рукӏуна гӏадамал. Хӏухьел цӏазе рес гьечӏеб хӏал буго. Шагьаралъул цояб кӏалалдаса цогидаб рахъалде гьединаб къагӏидаялда ине ккани, расги бигьаяб иш гуро. Гьеб мехалъ унтичӏого рукӏинищ? — абун гьикъулеб буго Гӏ. Гӏалиевалъ.\nПассажирал раччулеб транспорталъул компаниязе бокьун букӏанин рекӏадухъ багьа 30 гъурщиде бахинабизеян ракӏалде щвезабуна «Черновик» газеталъул обозреватель Мухӏамад Мухӏамадовас.\n— Рес букӏарабани гьез гьеб гьабизеги букӏана, халкъалъ ахӏи бахъинабилин хӏинкъун чӏана. Кӏиабизе босани, жакъа Махӏачхъалаялда хӏалтӏулел ругел маршруткаби руго цӏакъ санагӏат гьечӏел. Чанго соналъ цебе 23 гъурщиде багьа бахинабизе хӏукму гьабидал, Махӏачхъалаялъул тӏалъиялъ рагӏи кьун букӏана, цӏакъго гӏемераб къадаралда пассажирал рекӏинарурал маршруткабазе гӏадлу гьабизе. Гьезул низам гьабизе ГИБДДялъул хӏалтӏухъабазда тӏадкъазеги. Гьединго маршрутазул линиязда машинабазул къадарги цӏикӏкӏинабизе рагӏи кьун букӏана. Амма цонигияб рагӏалде бахъинабичӏо. Жакъа нилъеда бихьулеб буго Махӏачхъалаялда хӏалтӏулел маршруткаби кинал ругелали, щиб квегӏенлъи гьезул гӏадамазе бугебали. Хасго «Третий парк» компаниялъул маршруткаби руго цӏакъ санагӏат гьечӏел, гӏодор чӏезе бакӏалги гьенир цере ккаразе гурони щоларо. Хутӏарал рукӏуна цоцалъ къан, ругӏа-русун, рахъун чӏун. Хасго кьерханкъояз, тӏа-тӏала цӏадалги ран хӏориде сверун тахшагьаралъул къватӏалги ругеб мехалда. Гьелъул гӏемераб бицана, хъвана, видеоял лъуна социалиял гьиназда. Гьедин буго жакъа маршруткабазул рахъалъ ахӏвал-хӏал Махӏачхъалаялда. Соналдаса-соналде хира гьабулеб багьаги буго, амма гӏадатияб халкъалъул ургъел гьабун, гьезие санагӏатаб жамгӏияб транспорт букӏине ккелин абураб пикру гьабулев хӏаким гьечӏо, — ян бицана М. Мухӏамадовас.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "14480-dag-istanaldagi-qr-kod", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14480-dag-istanaldagi-qr-kod", "title": "Дагъистаналдаги QR-код", "date": "2021-10-21 11:29:37", "categories": ["vakcina"], "text": "Итни къоялъ ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏана коронавирусалде данде къеркьолеб оперативияб штабалъул данделъи. Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас лъикӏаблъун бихьизабуна цо-цо идарабазда QR-кодал хӏалтӏизаризе ккелин абун. Гьесго абуна 65-ялдаса тӏаде сонал рарал, вакцина гьабичӏел хӏалтӏулел чагӏи дистанциялъулаб къагӏидаялде рачине, гьединго маскаби раялда хадуб халкквезеги ккелин абун.\nДанделъиялъул ахиралда Сергей Меликовас тӏадкъана, анкьил ахиралде щвезегӏан, цо-цо идарабазда QR-код гьечӏого жанире риччалареб къагӏида гӏуцӏизе хӏадурлъи гьабеян.\nГьединаб хӏукму гьабиялъе гӏиллалъунги ккана Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул ва холезул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин."}
{"slug": "14483-magiarukh-l-i-tsiunize-bokun-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14483-magiarukh-l-i-tsiunize-bokun-batani", "title": "Магӏарухълъи цӏунизе бокьун батани", "date": "2021-10-21 11:31:20", "categories": ["magiarukh"], "text": "«Магӏарухълъи цӏунизе кколин ахӏи балелги рукӏун, цо-цо тӏадчагӏаз магӏарухълъиялдехун тӏаса-масагояб бербалагьи гьабиялъул магӏна щиб?» — абун гьикъулеб букӏана Гъазимухӏамадица, заводалда жаниб нижее экскурсия гьабулаго.\nСезоналъул лъабго-ункъо моцӏида жаниб консервазул 3 млн шартӏияб банка къазе кӏолеб къуваталда букӏараб Харахьи завод ккола гьеб. 12 соналъ чӏун хутӏиялъги, гьелде щвезегӏан пачалихъалъул квер тӏаса иналъги, тӏатӏала ккезе байбихьараб гьелда рухӏ гъезе лъугьун вуго Гъазимухӏамад.\n«Хӏакъикъат» газеталъ гьесулги заводалъулги хӏакъалъулъ цебегӏанго хъванги букӏана, амма гьелдаса нахъе хисараб жо ккечӏо. Гьадабго хӏалалда заводалъе гӏарац балагьулев, тӏадчагӏазде ахӏи балев Гъазимухӏамадги вуго, гъоркьлъалие лъезе шагьаралда мал-мулк букӏун гурони, кредиталъул гӏарац кьеларин чӏун банкиралги руго.\nАмма социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетӏеялъул мурадалда исана 28 сентябралда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб конференциялда бицунеб хабар батӏияб букӏана. РФялъул Минэкономразвитиялда цебе гӏуцӏараб Департаменталъул директор Игорь Храновскияс абуна бизнесменазе кредитал кьолелъул бигьалъаби гьаризе хӏаракат бахъизе ккелин. Гьединго Сергей Меликовасги бицун букӏана шартӏал гьечӏолъиялъ къойидаса къойиде гӏадамал росабалъа гочунел ругин, гьединлъидал гьениб рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялда тӏад ургъизе кколилан. Гьайгьай, гьеб мурад тӏубалаан Гъазимухӏамад гӏадал чагӏазе квербакъи гьабуни.\n— Лъабго нухалъ кагътал хъвана дица Сергей Меликовасухъе, — ян бицана Гъазимухӏамадица. — Дир хӏисабалда, гьесухъе щвезе течӏо гьел. Чанцӏулго хитӏабал гьарун, гӏемер чиясда кӏалъана лъабго млн гъурущниги кьейин кредиталъе. Гьеб жоялъе кумек щолеб гьечӏо. Амма руго бащдаб гъоркь тани, гьеб гӏарац пачалихъалъухъа щвезабизе рагӏи кьолел гӏадамал. Гьеб жоялъул дие щиб мунпагӏатха букӏинеб?\nЦо нухалда Росдал магӏишаталъул министерствоялде ракӏарун рукӏана дунго гӏадал, росдал магӏишаталда, производствоялда хӏалтӏулел чагӏи. Жив разияв вугин лъагӏалие лъабго процентги гъоркь ккун, нужер бокьарасе кредит кьезеян кӏалъана гьенив Сбербанкалъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул вакил. Гьеб мехалда цояв вахъана тӏаде: лъабнусго гектаралда гӏезарурал ахал ругила жиндир, гьезде дару речӏчӏизабизе кӏиго комбайн босизе 30 млн гъурущ къваригӏун бугинги абун. Цинги гьесул документазухъги балагьун, банкирас абуна дуца гьеб ракь 49 соналъ ижараялъе босун бугила, гьеб данде кколарин. Гьедин батаниян абуна дица, дунги магӏарухъа вачӏарав чи вугин, диеги инкар гьабулеб батилинха нужеца. Шагьаралдаса 120 километралъ рикӏкӏад ругел чагӏазе жидеца гӏарац кьоларин кьуна диеги жаваб. Гьеб манзилги Лавашиса борцунеб бугоан банкирас. Гьанже магӏарухъе нух гендерил тоннелалдасан бугин бичӏчӏизабизе лъугьаниги, бихьулеб букӏана гьесие магӏарухъ бугеб халкъалъулгун щибго гьоркьоблъи гьабизе бокьун гьечӏолъи.\nГьабсагӏаталда Гъазимухӏамадие бищунго къваригӏараб жо ккола цӏорол банкабиги заводалда хӏалтӏаралъухъ гӏадамазе кьезе гӏарацги.\nКонсервал гьаризе къайи-цӏа гьес тӏаде цӏиябги босун буго, гъоркь букӏараб къачӏанги буго.\n— Сверухъ ругел цогидал росаби малъичӏого, цохӏо Гӏоротӏасагицин бачӏунаан гьанибе пихъил 800 тонна, — ян ракӏалде щвезабуна Гъазимухӏамадица. — Бакӏалъул гӏадамазда тӏадеги, каникулазул заманалда практикаялъ нус-нус студентги вачӏунаан. Бачӏинахъего пихъ цӏулеб аппаратги Дагъистаналда цохӏо Харахьи заводалда гурони гьечӏо. Амма пихъил консервал гьарулеб кӏиго заводги районалда букӏаго, чанго миллион гъурщил зарал кколеб буго гьабсагӏаталда гӏадамазе. Хасго пихъ гӏемераб исана гӏадаб соналъ. Масала, Гьамущи кутакалда лъикӏаб сорталъул гени буго гӏадада холеб.\nГьединаб гара-чӏвариялда ниж рукӏаго, тӏаде ячӏарай Гъазимухӏамадил лъади Патӏиматица абуна жий йикӏунила, гьесда гьебгощинаб бетӏерунти дуегоги жиндиегоги гьабичӏого, нилъерго рокъоб бугеб мини-цехги хӏалтӏизабун чӏезе ругин нилъилан.\n— Росдал ясли-ахалда хӏалтӏулей йигониги, пихъил сезон бугеб мехалда кумекалъе дунги чӏезе ккола гьесда аскӏой. Амма гьабсагӏаталда гьес гьеб гӏадахъ босулеб гьечӏо. Гьесие кутакалда бокьун буго гӏодоса-эхедего росулъ хӏалтӏулеб букӏараб завод цӏи гьабизе. Гьединлъидал бихьулеб къоялдеги вачӏунев гьечӏо. Данделъараб щибаб гъурущги гьелда тӏад харж гьабула. Амма басрияб къачӏаялдасаги, цӏияб бакӏ базе лъугьинго бигьа букӏунин абухъе, гӏезегӏан захӏмалъулеб буго нижерго къуваталда божун чӏезе, — ян бицана Патӏиматица.\nГъазимухӏамадил мини-цех бихьидал, гӏажаиблъана ниж, гьабугьин гьебги хӏалтӏизабун чӏанигицин лъикӏго цеветӏелаан гьев. Бокьараб пихъилги овощазулги консервал хӏадурулеб техникаялдалъун хьезабураб саламатаб цех буго гьесул минаялда аскӏоб. Гьелда тӏаде, жеги кӏкӏуйдуца мохмох бакъвазабулеб къайи-цӏаги лъун буго гьес гьениб.\n— Дида гӏемерисез абула тӏатӏала кколеб заводалъул ургъел гьабун щайилан. Кидаяли тӏубараб росуги участокги жаниб хӏалтӏулеб букӏараб гьеб берда бихьулаго чӏунтизе тезе бокьун гьечӏо, ракӏунтулеб буго гьелъухъ балагьун, — илан бицана Гъазимухӏамадица.\nРосулъе щвараб мехалда технолог хӏисабалда Гъазимухӏамадие малъа-хъваяздалъун кумекалъе ватула Харахьиса Хӏайдар Маликовги. Амма гьев гьабсагӏаталда Кӏикӏуни заводалда хӏалтӏулев вуго.\n— Чияр бакӏалде инегӏан, нусцӏул бокьилаан хӏалтӏулев дирго росулъ чӏезе. Пайда щибха. Гьав Гъазимухӏамадие дагьабниги кумек щолебани, пачалихъалдаса яги цоги бакӏалдаса, жегиги нусго соналъ хӏалтӏизабизе бегьулеб къайи-цӏа бугоан гьаниб. Гъоле, банкротлъунги лъазабун, дагьалъ хутӏана Кӏикӏуни заводги къазе. Сергей Меликовас кверги чӏван, рухӏ речӏчӏизехъин буго гьанже гъолдаги. Гьединабго бербалагьи хӏажат бугоан Харахьи заводалъеги, — ян бицана Хӏайдарица.\nГьел лъабазухъго гӏенеккараб мехалда ракӏалде щвана дагьалъ цебе рагӏараб цо хабар. Жив диниявги жамгӏиявги хӏаракатчиян, бечедалги машгьуралги чагӏазда аскӏов чӏун суратал рахъун, интернеталде гьелги рехун, жиндиего цӏар гьабулев цо нилъер ракьцояв вуго. Унго-унголъунги гьев кутакав чийилан божиялъищали, Москваялда гьесие рукъ сайгъат гьабун рагӏула нилъерго гьаниса кутакав цо бизнесменасул гӏагарлъиялъ. Гьедигӏан хъулухъ гьечӏого цояз цогидазда тӏад харж гьабулеб гьеб гӏарац Гъазимухӏамад гӏадал патриотазе щайдай щоларебин абураб суал бачӏунеб буго.\nДица гьеб суалалда хурхун хитӏаб гьабуна республикаялъул хӏукуматалъул лъабго идараялде. Жеги жаваб щвечӏо. ДРялъул бетӏер вищун хадуб министрзабазул кабинетги гьанже цӏидасан гӏуцӏизе кколеб букӏиналъ батила, гьезда сверухъ цо чӏванкъотӏи гьечӏеб. Амма гьеб суалалде нилъ цӏидасан тӏад руссина. Щайин абуни мугӏрул ругебгӏан мехалъ нилъеца магӏарухълъиги нилъерго росабиги цӏунизе кколелъул.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "14484-arab-batularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14484-arab-batularo", "title": "Араб батуларо…", "date": "2021-10-21 11:37:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ихдал хур бекьизеги, хаслихъе бачӏин бакӏаризеги кколеблъи лъидаго лъала. Магӏишат гьабизе кколелъулха. Магӏишатияб рахъалдаго цадахъ щивав чиясе хӏажалъула «рухӏияб квенги». Гьебин абуни жакъа мукъсанлъун унеб буго, нилъер хьвада-чӏвадиялдаги гӏамал-хасияталдаги тӏад хӏур бетизабулеб заман букӏиналда бан. Амма заман гьадинаб бугинги абун, гьелде гӏайибги рехун нилъ чӏани, кинаб нухдедай ккела гӏун бачӏунеб гӏел, нилъер лъимал. Гьезда рукӏа-рахъинеги, адаб-хъатирги, адабиятгун маданиятги, тарихги малъичӏони, гьеб кинабго ясбер гӏадин цӏунизе кколеблъиялде жакъа нилъеца гьел кантӏизаричӏони, огь, бухӏаябилан ккечӏого хутӏиладай? Умумузул аби буго, бекилалде бухьине кколин бетӏерилан абураб. Ахираб заманалда нилъеца «бетӏер бухьинчӏолъиялъул» хӏасил жакъа дагь-дагьккун загьирлъулебги буго. Гьелдаса, ай жагьлуялдаса хвасарлъиялъул мурадалда, «Хӏакъикъат» газеталъги хӏаракат бахъулеб буго щивав чи «рухӏияб кванде» вуссинавизе, нилъ щал ва киса рачӏарал чагӏияли, наслабаз наслабахъе кьун, рекӏел тӏиналда бикӏун хутӏуледухъ хӏалтӏи гьабизе. «Дица газета цӏалуларо, цӏаланиги гьениб хъвараб мукъулукъидаса эхебе унаро», — ян абулел гьалмагъзаби гьаб заманалда гӏезегӏан руго. Гьединазе ургъелги букӏунаро жакъа жидеего щолеб жоялъул гурони. «Щолеб жоян буго жиранщинаб кӏал»- абун хъванги гьечӏищха шагӏирас. Кигӏан нилъ хадур рекераниги, Аллагьас хъвараб гурони щоларин абула цӏаларал чагӏаз. Кинабгоги щун мурад тӏубарав чиги дунял бижаралдаса вахъинчӏин буго. Хӏакъаб жо, кӏалдибе борта багӏаргӏечилан чӏунилан магӏишат лъугьунаро. Аварагасул хӏадисги бугелъулха, щивас гӏамал гьабизе кколин абураб.\nМагӏишат гьабиялдаго цадахъ тӏалаб гьабизе ккола «рухӏияб квенги». Чехь гӏорцӏизабураб гӏоларелъулха! Чохьонибе ккараб унеб бакӏ буго цо, гьеб лъиего хӏажалъуларо, гьелъухъ щивго валагьуларо.\nАмма ботӏронибги рекӏелъги бугеб – абадиялъ нахъе хутӏула, наслабаз гьелдаса пайда босула. Жакъа гьабураб метер батулин абухъе, жакъа миллаталъул гӏузрабаздеги миллияб газеталдеги кьолеб кӏвар чучлъизе тани, метерисеб къоялъ нилъеда гӏарада речӏчӏизе букӏин хӏакъаб буго. Гьедин ккечӏого букӏине, «рухӏияб кванидалъун» гӏумру хьезабизелъун хӏалтӏи гьабулеб басма буго газетаги. Гьединлъидал, щивав магӏарулас хӏаракат бахъизе ккела гьелдаса битӏун пайда босизе, пайдаяб ирсалъе тезе. Хӏурматияв магӏарулав, тӏасияб соналъе газеталъе подписка гьабулеб заманги тӏаде щун бугелъул, гьелъухъ кьолел гъурщазда барахщичӏого, хъвай ва цӏале миллияб басма. Гьеб хъвазе кколеблъи ракӏалде щвезабе мадугьаласда, гьудул-гьалмагъасда. «Нилъго нилъехъангойилан» абурабила гӏатӏахинкӏицаги. Гьелъухъего, нилъеца нилъерго мацӏалъулги, тарихалъулги, адабиятгун маданияталъулги, гӏадат-гӏамалазулги къимат гьабичӏони, гьеб гьабизе къватӏиса чи вачӏунаро ва вачӏарасда цебеги нилъго намусаб ишги ккола. Гьединлъидал метералде тӏамун течӏого, почтальон вачӏинегӏан чӏечӏого, хӏаракат бахъе жакъаго магӏарул миллаталъул аслияб басмалъун кколеб «Хӏакъикъаталъе» подписка гьабизе.\nКидаго нужее баракат-рахӏмат гьарулеб «Хӏакъикъат» газеталъул редакция"}
{"slug": "14495-raki-soroleb-asargun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14495-raki-soroleb-asargun", "title": "Ракӏ соролеб асаргун", "date": "2021-10-22 06:32:27", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Октябрь моцӏалъул 7-17 къояз Дагъистаналдаса кӏудияб къокъаялъ гьоболлъи бана Турциялда ругел миллатцоязухъ. Анкараялда тӏобитӏулеб, Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул хӏакъалъулъ бицунеб симпозиумалда гӏахьаллъи гьабизе ахӏун рукӏана Дагъистаналдаса хӏукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутатал, культураялъул церехъаби, тарихчагӏи, машгьурал спортсменал, журналистал ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи.\nСапаралъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бициналде, байбихьуда баян кьела тадбиралъул ва гьеб гӏуцӏаразул хӏакъалъулъ. Дагъистаниял щола Турциялда ругел миллатцоязухъе, гьарула цадахъал тадбирал. Амма гьадинаб даражаялда тӏобитӏараб тадбир ккана тӏоцебесеб нухалда гьабураблъун. Гьеб симпозиумалъе проект хӏадурана Анкараялда гӏумру гьабун йигей магӏарулай, филологиял гӏелмабазул кандидат Асият Тинаевалъ (Озз). Проект рагӏалде бахъинабиялъе кӏудияб хӏалтӏи гьабуна Турциялъул тахшагьаралда бугеб дагъистаниязул гӏуцӏиялъул нухмалъулел Фатин Дагъчинарица ва Озз Яшарица.\n(Фатин ккола Дагъистаналдаса Турциялде гочарал тумазул наслуялъул чи, Яшар — Ингиши ва Гӏанди мухъалъул росабалъа гочарал магӏарулазул наслуялдаса. Асият Тинаева гьаюна ва гӏуна Азербайжаналъул Белокан районалъул Къабахчоли поселокалда гьоркьобе унеб Шарип росулъ. Цӏалана Бакуялъул университеталъул филологияб факультеталда, аспирантураги лъугӏизабун, гьенийго хӏалтӏулейги йикӏана. Гьей ккола Яшарил лъадиги).\nСимпозиум тӏобитӏиялъул ишги, гьалбадерие нухлул ва цогидабщиналъул харжалги гьез жидецаго тӏаде росун рукӏана. Нилъер гьаниса гурелги, гьенире ахӏун рукӏана Азербайжаналдаса, Гӏиракъалдаса дагъистаниялги. Программаялъул киналго бутӏабазда гӏахьаллъи гьабуна Турциялъул батӏи-батӏиял шагьаразда ругел Кавказалъул халкъазул наслабаз.\nСАПАРАЛЪУЛ ТӏОЦЕБЕСЕБ КЪО. СТАМБУЛАЛДА ЦӏИЯБ ЛЪАЙ-ХЪВАЙ\nГрозный шагьаралдаса роржун, Стамбулалъул аэропорталда рогьалилъ рещтӏарал нижеда дандчӏвазе вачӏун ватана Яшар Озз. Хӏадурун батана рекӏине санагӏатаб автобус, хӏажаталъе таржамачи. Гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, радалго тепси тӏибитӏараб бакӏалде дандчӏвазе рачӏун ратана Стамбулалда гӏумру гьабун ругел дагъистаниязул вакилзаби, нижер къокъаялдаса цевеккун, машинаялда рекӏун Турциялде арав Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев ва цогидал.\nБищунго асар гьабуна дандчӏвалезулъ Турциялдаго машгьурав бизнесмен, политик Кемал Текден ватиялъги. Цебеккунго рагӏун букӏана гьес, дунялалдаго машгьураб «Эртугрул» сериалалъе продюсерлъи гьабурав чияс, Шамил имамасул хӏакъалъулъ нусго сериялъул кино бахъизе бугин абураб хабарги.\nДагъистаниязе саламги кьун, кӏалъазе вахъана гьев. Гьесие баркала загьир гьабурав, Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасе Кемал Текденица кьуна Эртугрулил байрахъалъул гӏаламатал угьараб сайгъат. (Шамил имамасул кино бахъиялъе Турциялда бугеб хӏадурлъиялъул темаялде нилъ жеги тӏад руссина).\nАНКАРАЯЛДЕ НУХ\nТира-сверизе ва дармилал ишаз гӏемераб халкъ хьвадулеб кӏудияб ва гьайбатаб шагьар буго Стамбул. Кванан рахъиндал, нижеца нух босана гьеб шагьаралдаса 450-гӏанасеб километралъул манзилалъ рикӏкӏад бугеб тахшагьар Анкараялде. Нижер лъабгоял автобусалде рахине течӏо, «дир гьакиде раха нужилан» абулев Яшарил хӏурмат къабул гьабун, гьесул «Мерседесалда» рекӏана.\nНухда унаго бихьулеб букӏараб сверухълъиялъги асир гьарулел рукӏана. «Гъунисезул магӏарде рахунел ругин кколеб буго дидаян» абулеб букӏана «Дагъистан» ГТРК телерадиокомпаниялъул директор Луиза Гӏалихановалъ, сураталги рахъулаго. Халатаб сапар жиндие бокьуларин йикӏарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъулги зигара къотӏизабуна гьеб тӏабигӏаталъ. Накӏкӏил рохьал, нухлул рагӏаллъабазда кирго кидаго гӏурччинал гъутӏбузул батӏи-батӏиял тайпаби — дунялго хӏайранаб Стамбулалдаса улкаялъул тахшагьаралде унел рагӏаллъаби ратилин гьедин берцинго къачӏанин букӏана нижер пикру. Кибго гӏурччинлъи, гъутӏбузулъ руччарал, цокӏалаб къагӏидаялъ рарал, багӏараб шагӏил тӏохазул, кӏиго, лъабго тӏалаял минаби. Нилъер улкаялда бугелда дандекквезе жо гӏемер бугоан.\nКъадекванил гӏужалъ Анкараялде щварал ниж шагьаралъул мэриялъ хӏадурараб бечедаб тепсиялда нахъа гӏодор чӏезаруна. Дунялалдаго рагӏараб турказул богогьанлъиялъул бицани хабар цоги рахъалде буссина. Кванан рахъиндал лъазабуна Шамил имамасул цӏар лъураб паркалде унел ругин.\nАнкараялда программа байбихьулеб букӏана гьеб паркалда Шамил имамасе гьабураб бюст рагьиялдасан.\nШАМИЛИЛ ЦӏАР КЬУРАБ ПАРК ВА ГОРСВЕРУЛЪ ЖАМАЛУДИНОВА\nШамилил цӏар лъураб паркалде лъугьунаго, рикӏкӏадасанго бихьулеб хӏалалда берцинго къачӏан батана къватӏ-къоного. Киса-кирего ран рукӏана Турциялъул, Россиялъул, Дагъистаналъул байрахъал. Сверухълъиялдаго тӏибитӏун букӏана Шамил имамасде гьарурал кучӏдузул гьаракь-бакъан.\nСордоялъ кьижичӏого, свакан нухда ругел ниж рукӏана ретӏелцин хисичӏого. Цо талихӏ — Гӏалиасхӏаб Хархачаевасул бухари кидаго ботӏродаго букӏин. Гьев вукӏана тадбиралда Дагъистаналъул хаслъиялъул гӏаламатлъунги.\nГьаниб гьитӏинабго баянги кьелин Шамилие гьабураб памятникалъул. Гьелъул автор ккола, мунагьал чураяв, Салтӏаса Гӏалихӏажи Сайгидов. Анкараялде бюст щвезабиялъе, гьеб лъеялъе хӏаракатги харжалги гьаруна Халкъияб Собраниялъул депутат, Гъуниб районалъул Кӏуядаса Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовас. Гьевги вукӏана нижгун.\nДагъистаналъул делегациялъул гӏахьаллъигун имамасул бюст лъолеб парк бугоан Анкараялъул Этимесгут районалда. Гьебги буго, микьгогӏан миллион чияс гӏумру гьабулеб шагьаралъул, 25 районалъул бищун кӏудиязул цояб.\nРоссиялдаса, Азербайжаналдаса, Гӏиракъалдаса ва Турциялдаса дагъистаниял данделъараб тадбир рагьана шагьаралъул нухмалъулез:\n— Нижер улкаялда цӏакъго машгьураб буго шайих Шамилил цӏар, лъала гьаниб гьесул бахӏарчияб къисматги. Гьединал бахӏарзазул хӏурмат гьабула Турциялъул хӏукуматалъ, — ин абуна, имамасул ватӏаналдаса рачӏаразе саламги кьун, Этимесгуталъул мэр Энвер Демирелица.\n— Шайих Шамилиде бугеб нижер рокьиги адабги тасдикъ гьабула нужеда бихьулеб гьаб паркалъе имамасул цӏар кьеялъ, гьанибго гьесул памятник лъеялъ. Гьаб бакӏалдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого буго шайих Шамилил цӏар кьураб тӏадегӏанаб лъай кьеялъул идараги.\nРоссиялъул, Дагъистаналъул рахъалдасан баркала кьун кӏалъазе рахъана Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаев, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов, Анкараялда бугеб нилъер улкаялъул консуласул кумекчи.\nШамил имамасул бюст рагьиялъеги нухмалъи гьабуна мэрас. Памятник рагьулеб лахӏзат телефоналде бахъизеян цересел кьеразда эхетарай Хадижат Жамалудинова ахӏана Энвер Демирелица жиндаго цадахъ багӏараб дарайдул чӏоло къотӏизе. «Мун маданияталъул хӏаракатчӏужу гурищ? Аскӏое ячӏа», — йилан гьесул каламалъул таржама гьабулеб букӏана мэрасул кумекчияс. Щибго бичӏчӏуларей Хадижат цее ана. Чӏоло къотӏизе ахӏулей йикӏиналда рекӏеда ятичӏей гьей жеги сурат бахъизе лъугьана. Нилъеразго бичӏчӏизабуна гьелда ахӏвал-хӏал.\nГьелда хурхун рекъечӏеб хабарги чӏамуна нилъераз жамгӏиял гьиназдасан. Кӏаз бачӏогойила, миллияб ретӏел ретӏичӏогойила, гьеб ратӏлилъ тадбиралда нур базабулел бикаби цадахъ рачинчӏогойила. Форма-квара ретӏун цере рахъинаан гьеб хӏадурлъиялъе заманги ресги букӏарабани. Миллияб махӏ бахъинабун бажарулареб къокъаги нижер букӏинчӏелъулха.\nХадуб ккараб газеталъул хадусеб номералда бицина.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "14601-l-oronib-l-un-kegier-khinl-izaburav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14601-l-oronib-l-un-kegier-khinl-izaburav", "title": "Лъорониб лъун кьегӏер хинлъизабурав", "date": "2021-10-29 10:05:36", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Мусаласул Ахӏмад ракӏалде щведал рачӏарал пикраби\n«Гӏи баркат бугеб боцӏи буго, дир вас, алжаналъул боцӏийилан абула гьезда. Гьанги гьезул, квасги гьезул, хӏанги гьезул. Гӏи рехун тоге дуца, мун гьелдаса пашманлъиларо». Муса Мухӏамадовасул машгьураб «Къисас» абураб романалда херав вехь Дарбишица Салимиде аманат гьабун абурал рагӏаби гӏемерал ракӏалде щола гӏумрудул нухда.\nВехьасул гӏумру дие кидаго балъголъилъун, гьелдаго цадахъ дун урхъулеб пишалъун букӏана. Ракьалда гӏумру байбихьарав, Адам аварагасул тӏоцересел лъимал, Гьабилица вехьлъиялдаса, Къабилица хурухъанлъиялдаса байбихьана тӏоцебе ракьалда яшав. Гьелдаса нахъе ракьалдаса тӏагӏинчӏо гӏиги, гьезул тӏалаб-агъаз гьабулев вехьги. Ракьалда гӏумру бугебгӏан мехалъ чара гьечӏого хӏажатаб пишалъун букӏана ва буго хур бекьиги тӏощел бакӏариги.\nДирго инсул росулъа гӏадатияв вехьги ракӏалде щун рорчӏарал пикраби руго гьел. Гьал къоязда 15 сон тӏубала гьев хваралдаса. Мусаласул Ахӏмад! Дида гьев кидаго цеве вуго, гӏадатияв, чӏухӏи гьечӏев, гӏумруги магӏишатги берцинав гӏияхъан. Гьесда цадахъ ракӏалде бачӏунеб буго дирго лъимерлъи, гӏагараб росулъ гӏадатияб хасалил къо, маркӏачӏул гӏуж щолеб мехалъ цебе рехъенги къотӏун къавутӏе тӏад вуссун вачӏунев Ахӏмад. Гьесул аваданаб релъи жакъаги бугин ккола рагӏулеб. Ракӏалда буго гьитӏинав чиясе, дие, гьес сайгъат гьабураб беричаб кьегӏер.\nЖиндирго гӏумру гьес насиб гьабуна гӏадатияб, амма бищунго къадруял хъулухъазул цоялъе.\nЖакъа нилъеда сверухъ бугеб ракӏгъанцӏизабулеб вахӏшилъиги, сунцаниги чурун бахъинарилан кколеб чороклъиги, гьаб ахӏи-хӏурги гьечӏеб замана кьуна гьесие Аллагьас. Нилъецаго ургъараб гӏадаб, щибниги берцинлъиялъул нур гьечӏеб дунялалда гӏумру тӏамизе щвечӏо гьев инсанасе. Гьесул гӏумру жакъа дунги цогидалги бахилаб, баракаталъ къвал бараб букӏана. Гьайбатаб тӏабигӏаталъул берцинлъиялъ сверунги ккун, вехьасул тӏилидеги вегун, рогьалилгун дандчӏвайги гьа- бун, кьиндалил халатал, цӏорорал сардал ворчӏухъанлъиялда рогьун, хасало гьабураб кьегӏер бурти- надукьеги бачун хинлъизабулаго ана гьесул гӏумру. Щибаб къоялъ, жакъа нилъее щолареб, бацӏцӏадаб, гӏансигӏан цӏорораб иццул лъим- ги гьекъезе щун, «химия гъорлъ буцичӏеб», татуяб квенги кваназе щун ана гьесул сонал.\nАхӏмадие кидаго хирияб букӏана Никӏикь нохъо. Гъагъадеридаги гьонодисездаги гьоркьоб гӏорхъода бугеб бакӏ ккола гьеб. Гӏазу-цӏад байдал гӏи жанибе къотӏизе кӏудияб нохъоги, рехъен кваназе гӏураб кӏудияб гӏатӏилъиги цебе бугеб бакӏ ккола гьеб. Гӏемерисел сонал гьенир ана Ахӏмадил. Чанги вохарабги къваридабги къо гьениб тӏамуна вехьас. Гӏиязул гъадиялде ракӏги гъезабун, вехьасул тӏилиде ургъелги чучун. Кин доб кочӏолъ букӏараб: «Гьале мугӏрул, гьале гӏи, Гӏищкъу бугес босе тӏил!» — абун гурищ? Халкъиял кучӏдузулъ чан ругел гьединал вехьасул хӏакъалъулъ мухъал. Гьединго босе Хӏажи Гъазимирзаевасул кечӏ:\nДун магӏарда вуго, гӏияда вуго,\nГӏишкъу ккаралдаса рикӏкӏада вуго.\nКъаси чодрол кӏалтӏа ворчӏухъанги тун,\nЦо йокьулелъухъе щвезе къасд буго…\nМагӏарул шагӏирзабаз гӏемерал кучӏдул сайгъат гьаруна гьезул бахӏарчияб хъулухъалда ракӏ бахиллъун. Советияб заманалда къадруялда цӏунарал гӏадамал рукӏана гӏухьби. Гьезул хӏаракаталдалъун щолеб гьанги, хӏанги, квасги, хазина букӏаралъул халкъияб магӏишаталъе. Жакъаги буго гьеб бергьун кӏудияб хазина. Хасго Евросоюзалъ гъорлъе рачарал пачалихъаз санкциязул цӏадги базабун, нилъер улкаялъулгун кьал ахӏараб мехалъ, цӏидасан кӏудияб гъираялда бицине байбихьана гӏияхъабазулги хурухъабазулги. Гьезул яшавалъ хьихьизе бугин инсаниятин абураб пикру буго жакъа кинавго чиясулги. Хӏакъикъаталдаги гьедин бугелъул. Гьел гьеб инсаният хьихьун бажарулеб хъулухъалъе кьуна Гьонодаса Мусаласул Ахӏмадица жиндирго гӏумру. «50 соналъ ккунин жиндица вехьасул тӏил кодоб», — илан кӏудияб къадруялда абулаан гьес. Гьеб 50 соналда жаниб чан чияседай щвараб баркат, гьес хьихьун гӏезабураб кьагӏрил?\nГьесул вас, Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, машгьурав шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовасул «Росулъа кагътал» абураб кочӏолъ руго гьадинал рагӏаби:\n«Магӏардаса эмен вуссунеб мехалъ\nЦадахъ бачӏунаан гьанал къулагӏи.\nКъотӏ-къотӏун бикьизе, бикьун къотӏизе\nМадугьалзабазе щвезабулаан», — абун.\nГьединав, ракӏги кверги сахаватав инсан вукӏана Ахӏамад. Жакъа гьединал гӏадамал къанагӏат гурони хутӏун гьечӏо. Чанги лъикӏал, иман бугел чагӏи камуна гьал саназ дир росулъа. Гьез цадахъ босун араб гӏадин гьаб ракьалдаса дагь-дагьккун лъугӏулеб буго берцинлъиги, баракатги, рохелги, адаб-хӏурматги. Кинабго лъикӏабщинаб, иман бугебщинаб мукъсанлъулеб буго берда цебе. Гьебги рекӏее гӏечӏого бицен кканщиналъуб гьелъул бицунел нилъги руго, ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏадалъ ракӏал хинлъизарун, ракӏгъей гьабулел хутӏун руго. Амма… Гӏумру чӏун гьечӏо, гьеб цебехун унеб буго. Метерисеб къоялъухъ божигун гьелъ цо кинабалиго хинлъи, рекӏее парахалъи кьелеб гӏадин хьулгун балагьун чӏола нилъ цӏияб къоялъухъ. Амма щолебго гьечӏо гьеб хинлъиги, рещтӏунеб гьечӏо рекӏелъе парахалъиги.\nЛъикӏал гӏадамаз, ракьалда тарал гьезул лъикӏал ишаз берцин гьабулеб батила гӏумру. Мусаласул Ахӏмадги гьев гӏадал «батӏияб дунялалдаса» гӏадамалги, иманалда тӏоритӏун ратаги. Нилъее жакъа хутӏун руго гӏицӏго гьезул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял. Гьезда жанибги гӏураб хазина буго, гьел гьечӏеб дунял дагьабниги гӏатӏид гьабизе.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "14602-khiamzat-imamgi-k-adizabigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14602-khiamzat-imamgi-k-adizabigi", "title": "Хӏамзат имамги къадизабиги", "date": "2021-10-29 10:09:16", "categories": ["history"], "text": "Республикаялъул магӏарул газеталъул редакторасул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав журналист ва хъвадарухъан Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа мунагьал чураяв Тӏагьиров Мухӏамадица миллияб тарихалъулги тарихалда лъалкӏ тарал машгьурал магӏарулазулги хӏакъалъулъ гӏезегӏан асарал хъвана. Гьев вукӏана миллатги хирияв, миллатчилъиги рихарав, гӏагараб халкъалъухъги ракьалъухъги рокьи ккарав чи. Гьанжеялдаса 25 соналъ цебе Тӏагьировас къватӏибе биччан букӏана «Нурмухӏамадил Мухӏамадил биценал» абураб рубрикаялда гъоркь, гӏарабист, гӏалимчи Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадица рицарал, нилъер тарихалъул цо-цо тӏанчал регулел хӏужабазул, лъугьабахъиназул хӏакъалъулъ хъвараб асар.\nДол соназда цо-цо макъалаби «Хӏакъикъаталда» рахъунги рукӏана. Тӏехь бахъаралдаса арал соналги хӏисабалде росун, жибго тӏехьги къанагӏатги кодобе щолеб гьечӏолъиялъ, гьанжесеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьеялъе, тарих лъаялъе гьелъул кӏварги букӏун, хӏукму ккана цо-цо биценал газеталда рахъизе.\nПайзула ПАЙЗУЛАЕВ\n1994 соналда жив чӏваралдаса 160 сон тӏубарав Дагъистаналъул кӏиабилев имам Хӏамзатбегил хӏакъалъулъ жеги дагьго лъала цӏалдолезда. Гьесул имамлъи кӏигогӏан соналъ гурони халат бахъинчӏо. Жеги дагьго гурони лъаларо гӏахъущдерилги цӏедехӏдерилги къадизабаз гьесдехун гьабулеб букӏараб балагьи. Цо заманалда ракӏалде кколаан Цӏоралде гьабураб чабхъенги битӏун ккечӏого, аманаталъе гӏурусазухъе Тифлисалде кьурав васги хун, Гъазимухӏамад имамги чӏван, ракӏ буссин лъугьарав гьев тӏокӏалъ кинаб бугониги хӏаракатчилъиялде тӏад вуссинарилан. Микьгогӏан моцӏ жанив чӏунцин бана гьес. Амма магӏарулазеги гьезул бутӏрузе – имамзабазеги хасиятал, сундухъго балагьичӏого, бер къапичӏого цере унеб къагӏидаялъги, жалгоги жидерго ракьги цӏунизе бугеб рагӏа-ракьан гьечӏеб шавкъалъги, шаригӏаталъул цӏилъиялъ диналдеги дунялалдеги бижизабураб хӏасраталъги, Хӏамзатбегида кӏвечӏо гьалаглъараб Дагъистаналъул гӏумруялдаса ватӏатӏун чӏезе. Тӏадчӏун гьаридал, гьев разилъана имамлъи гьабизе.\nИмамлъи гьабейилан гьесда гьардеялъе гӏилла букӏана доб заманалда, Гъазимухӏамадидаса хадуб, гьесде вахунев пачалихъалъулаб гӏуцӏарухъанлъи лъалев ва рагъул устарлъи кодоб бугев бахӏарчияв чи вукӏинчӏолъи. Шамил жеги гӏолохъанго, ишазде ругьунлъулев вукӏана. Цогидазул жеги гӏураб хӏалбихьи букӏинчӏо. Хӏамзат – бегин абуни вукӏана гӏалимчи-рагъухъан гуревги, гьанже заманалъул рагӏабаздалъун абуни, кутакав гӏуцӏарухъан, администратор. Гьес бачӏинахъего имамат гӏуцӏизеги байбихьана. Гьанжеселги цереселги, нилъергоги чиярги историказ мукӏурлъун бихьизабула пачалихъ гӏуцӏиялъул рахъалъ гьес бихьизабураб бажариялъ кьучӏ лъунин Шамил имамасул пачалихъалъейилан.\nГьелъго батила Дагъистаналъул имамлъун Хӏамзат вищидал, гӏурусазул циндаго рахӏат хварабги. Гьезда бичӏчӏана гӏицӏго Гъазимухӏамад имам хисарав чи гуревги, жеги цӏикӏкӏун кӏудиял ишал гьаризе кӏолев чи вахъун вукӏин. Нахъаса къотӏичӏеб хвалил хӏинкъиялда гъоркь гӏумру гьабун ругьунлъарав Хӏамзат къуркьизавизеги тӏаса бищараб гӏумруялъул нухдаса итизавизеги кӏолеб къуват букӏинчӏо. Гӏурусазул генералазда байбихьудаго бичӏчӏана гьеб.\n«Захӏмат буго цебечӏезабизе цӏияв гьереси-аварагас бачӏинахъего росарал бергьенлъабазул кӏодолъи, — ян хъвана гьез жидерго цо кагътида.\n– Гьес, гӏицӏго Гъазимухӏамад имамас гӏадин, лъикӏаб бициналдалъун ва динияб вагӏза-насихӏаталдалъун гуребги гьабулеб буго иш — гьеб киналдего тӏадеги гьес хӏалтӏизабулеб буго дагьабги цӏикӏкӏараб хӏасил кьолеб къуват – ярагъ ва гьесул хӏинкъи гьечӏолъиялъ гьесул рахъ кколел киназулъго бижизабуна гьев къуркьизавизе кӏоларев чи вугин абураб божилъи».\nГъазимухӏамад имам шагьидлъаралдаса ва Дагъистаналда пачаясул аскаразул къуват цӏикӏкӏаралдаса тушманасде дандечӏей гьабизе халкъалъул хӏаракатчилъи гӏодобе буссун букӏаниги, гӏурусазда бихьана Хӏамзатил цӏаралъги гьев имамлъун вищиялъги хӏал-хӏукму хисизабураблъи. Имамлъун гьев вахъиналъухъ балагьун чӏун букӏараб гӏадин, гьесда хадуб ине байбихьа- на халкъалъ. Гӏурусазул биценалда рекъон, гьесие гӏолаан кинаб бугониги росдал яги вилаяталъул ракьалде гӏагарлъизе, гьебсагӏаталъ халкъалъ гьесие мутӏигӏлъиги гьесул рахъ кквейги загьир гьабулаан. Гӏемерисеб гӏолохъанаб гӏел гьесда хадуб унеб букӏана шаригӏаталъулги цевесев имамасулги асаралда гъоркь ва гьесул жиндирго гьунар бихьун. Гьайгьай, камулароан давлаялде хьулгун унелги. Кин гьеб букӏун батаниги, къокъаб заманалда Хӏамзат имамасул цӏаралъги ишазги нахъеги Дагъистан гьалаг гьабуна. Кватӏичӏого цӏияв имамасе мутӏигӏлъана пачаясул аскарал чӏарал ва ханзабазде цӏакъго гӏагарал бакӏал хутӏун Гъойсубулиналъул жамагӏатал, Юждагъалъул тӏолалго халкъазулъги нахъеги бижана эркенлъиялде хьул, киса-ки- бего цӏикӏкӏана багъа-бачари. Пача- ясул аскаразул рагъул начальниказ гӏедегӏун Хӏамзатил биографияги гьесул ишалги лъазаризе байбихьана.\nГьез хӏисабалде росана гӏицӏго Гъазимухӏамадида цадахъ Таргъуялде, Дербенталде, Грозныялде ва Гъизляралде гьес гьарурал сапарал гурелги, имамасул тӏадкъаялда рекъон Цӏоралъулги Белоканалъулги ракьазде жинцаго гьарурал рагъул сапарал, ахир мекъи кканиги, байбихьуда гьенир росарал бергьенлъаби. Гьеб киналдасаго гӏурусаз хӏасил гьабуна имамас Терекалдаса бахъараб Дербенталде, Цӏоралде щвезегӏан жибго жиндаго чӏараб пачалихъ гӏуцӏизе байбихьи гьабизехъин бугилан.\nГьелъие квалквал гьабиялдаги имамасде дандечӏеялдаги тӏад ургъизе лъугьана пачаясул генералзаби. Аслияб къагӏидаялъ гьелъие бакӏалъулал ханзабаздасаги пайда босана. Махщалида хӏалтӏизабуна рикь-рикьизарун ханлъи гьабейин абураб колонизаторазул лозунг. Таргъуялъул шамхал, Мехтулиялъул Ахӏмадхан, аваразул ханзаби, гӏахъущдерилги цӏедехӏдерилги къадизаби Хӏамзатида данде гьусана. Гьесул муридзабазул аскарал, авлахъалде яги рехсарал бакӏазде кӏанцӏани, гьезде дандечӏей гьабизе бакӏалъулал гӏадамаздаса милициялъул къокъаби гӏуцӏана.\nГьел бакӏал цӏидасан муридзабазул кверщаликье ккана. Гьединлъидал гьез тӏаса бищана, халатаб бугониги, бигьаяб ва хӏинкъи гьечӏеб нух — хӏукму гьабуна гӏахъущдерил ва цӏедехӏдерил ракьаздасан Хьаргаби къварилъухъан эхедеги рачӏун, Аваргӏорги бахун, гъоркьа тӏаде Хунзахъе ине. Гьеб къасдгун, тӏубараб бащдаб лъагӏалидасан цӏикӏкӏараб заманаялъ хӏадурлъиги гьабулаго, гьез жидерго аскарал рехана гӏахъущдерилгун цӏедехӏдерил ракьазде.\n1813 соналда, рекъон рукӏине пачаясул аскаразе гьаги бан, гӏахъущдерил ва цӏедехӏдерил эркенал жамагӏатаз къотӏи гьабуна гӏурусазде дандечӏарал ишазде гьоркьоре лъугьунгутӏизе. 1819 соналда гьел тӏубанго Россиялъ- ул къайимлъиялде ана ва гьелъие хъулухъ гьабизе гьа бана. Имамза- базул заманалда гьеб къотӏи хвезабизе хӏинкъарал гьел дагьалги пачаясул хӏукуматалде гӏагарлъана ва цо къадаралъ имамзабазде данде чӏезе ккана. Амма гьез кӏвараб жигар бахъулеб букӏана жидерго эркенлъи цӏунизе. Гьеб мурадалда, гӏурусазулгун къотӏиги хъвалаго, гьез тӏалаб гьабун букӏана пачая- сул аскарал гьел жамагӏатазде тӏаде рачӏунгутӏизе. Ва гӏемерал соназ гьедин цӏунунги хутӏун рукӏана. Гъазимухӏамад имамасул зама- налда гӏахъущдерил Мамедкъади- ца байбихьана имамасде данде чӏараб кутакаб къеркьей гьабизе. Гӏурусазде мугъчӏвайги гьабун, жиндирго чухъбигун цадахъ, гьев киса-кивего лъарагӏазул, гъумекде- рил, даргиязул росабалъ сверулаан имамги гьесул ишалги какулаго. Хӏакъикъаталдаги имамасул би- щунго тушманал гӏадамазул цояв вукӏана гьев. Гъазимухӏамад чӏван хадуб дагьаб мехалъ гӏодове виччан вукӏарав къади Хӏамзат имамлъун вищаравго гьесде данде вахъана. Имамзабазулгун цогояб дин, цого- яб улка ва эркен хутӏиялъ цогоял мурадал, Мамедкъадица жиндаго хадув цӏедехӏдерил Асланкъадиги цӏана. 1834 соналъул байбихьуда Хӏамзатида данде рагъал гьаризе кумек гьабун, гӏурус аскарал жи- дерго жамагӏатазул ракьазде жани- ре риччазе къотӏи гьаби гуребги, гьезда тӏадги рекъон, кколеб багьаялде аскаразул чуязе ва хӏайваназе кӏалцӏи ва рагӏи-хер биччазеги къотӏи гьабуна гьев кӏиявго къадияс. Гьединаб къагӏидаялъ 1834 соналъул риидал рехсарал жамагӏатазул ракьалде ракӏарана кутакалда яргъид гӏуцӏарал ва хӏалбихьи бугел гӏурусазул аскарал. Кватӏичӏого Хӏамзат имамасул аскар щущахъ биххизабизе ва ханзаби цӏунизе къватӏире рахъине кколаан гьел.\nГьелдаги лъугӏичӏо кӏиявго къадиясе щолел рахӏматал. Хӏамзат имамасда дандечӏей гьабуралъухъ, гӏурус пачаясул хасаб бихьизабиялдалъун, Мамедкъадиеги Асланкъадиеги цо-цо цакьабазул цӏаказул хъубчулги нус-нус гъурущ гӏарацги кьуна. Гьединго цӏаказул хъубчулги нус-нус гъурущ хъахӏаб гӏарацги кьуна сверун бугеб ункъо росдал къадизабазе, къо-къо гъурущ гӏарац кьуна жеги 24 чиясе. Гӏахъущдерил халкъалъейин абуни кьуна гӏараб мацӏалдеги буссинабун Реццалъул грамота. Амма Хӏамзатбег вукӏана гӏажаибго рагъул икъбал гьечӏев чи. Жиндирго кӏудияб гьунаралъухъ ва цӏодорлъиялъухъ балагьичӏого, цоцо мехалъ гьесул къасдал гӏаксалда кколаан. Цо кинабалиго ахирисеб гьункьи, кверзул рагъари, гӏакълупикруялъул дандебакӏари гӏолароан гьесие. Цӏоралде чабхъен гьабулаго тушманасда кьабиги щвезабун кинабго жо битӏун кканин, бергьенлъи босанин ккарабго, ракӏалдаго гьечӏого къуна гьев ва асирлъуде ккана.\nГӏахъущдерил ва цӏедехӏдерил къадизабазейин абуни, кидаго икъбал кколаан. Гьанже гурони гьанже, бусурбабазул ишалъе квербакъиги гьабичӏого, гӏурус пачаясе хъулухъ гьабун кумекалъе чӏаралъухъ рецӏел босилин ккараб мехалъ, Гъазимухӏамад имамги чӏван, рохана къадизаби. Ва гьале гьаб нухалъги добго жо такрарлъана. Кинабго битӏун кканин вукӏарав Хӏамзат имамги чӏвана. Гьужумалъ рахъине къадизабазул ракьалда хӏадур гьарулел рукӏарал гӏурус аскаралин абуни, Хӏамзат чӏваялъул хабар лъаниги, нухда ратанщинал росабиги рухӏулаго ва щущахъ риххизарулго, мугӏрузде ралагьун ана. Гьез хасго кӏудиял балагьал гьаруна хьергебдерил ва гьоцӏдерил росабазе."}
{"slug": "14603-shamilil-tsiaral-ultsin-nil-ej-bugeb-barakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14603-shamilil-tsiaral-ultsin-nil-ej-bugeb-barakat", "title": "Шамилил цӏаралъулцин нилъей бугеб баракат", "date": "2021-10-29 10:10:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Турциялда ругел миллатцоязухъ дагъистанияз бараб гьоболлъиялъул байбихьи, «Ракӏ соролеб асаргун» абураб цӏаралда гъоркь, цебесеб номералда бахъун букӏана.\nАнкараялъул паркалда Шамилил бюст лъолеб къоялъ хӏакъикъаталдаги бихьана имамасул къимат гьениб хӏукуматалъул даражаялда гьабулеб букӏин. Жидер улкаялда Шамилил цӏар цӏакъ гӏемер васазе кьолинги абуна гьеб тадбиралда кӏалъалаго Энвер Демирица.\nДагъистаналъулги Турциялъулги гимн кӏодо гьабун эхетаразул мухъилъ халлъана нилъер машгьурав спортсмен Мухӏамадхан Хӏамзатханов (Бацӏхан). Гӏумру гьабун вугеб Тула шагьаралдаса вачӏун вугоан гьев, жиндирго васгун ва лъадигун цадахъ. Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул симпозиум гӏуцӏараз бицана, гьеб кӏудияб тадбир рагӏалде бахъинабиялъулъ Хӏамзатхановасги кумекалъулаб бутӏа лъунин абун. Дагъистаналъул делегациялда гьоркьорги рукӏана дунялалдаго цӏар рагӏарал спортсменал-чемпионал, исана ДРялъул Халкъияб Собраниялде депутаталлъун рищарал Лъаратӏа районалдаса Султӏан Ибрагьимов ва Гумбет районалдаса Хӏажимурад Мухӏамадов.\nШамил имамасул паркалдаса ниж рачана, Этимесгут районалда бугеб, «Тюрк тарих» абун цӏар кьураб музеялде. 2021 соналъул февралалда рагьараб, аслияб бутӏа — парк хӏисабалда зодикь бугеб, гьеб музеялъги асар гьабичӏого хутӏичӏо. Тюрк мацӏалъул тӏолалго улкабазул тарих жанибе бачун буго гьениб. Батӏи-батӏиял соназ гьел пачалихъазул бетӏерлъуда рукӏаразе, гьанжесезе, гьелго улкабазул рагъул бахӏарзазе ва цоги машгьурал гӏадамазе лъун ругоан рикӏкӏен гӏемерал мармаралъ къачӏарал памятникал. Гьенир гьоркьоса хьвадулаго ракӏалде ккола, цо залимал гӏадамазул, маргьуялъулаб дунялалда ругилан. Музеялъул баяназда рекъон, бищунго къиматаб экспонатлъун гьениб буго, 13 гӏасруялъ цебего тюрк мацӏалъ тӏад хъвай-хъвагӏай гьабураб гамачӏ. Гьебги бачӏун буго Монголиялдаса. Музеялъул минаялда жанибги художниказгун скульптораз чӏаго гьабун буго Турциялъул рагъулаб бахӏарчилъиялъул тарих рагьулел лахӏзатал. (Турциялда исанасеб сонги лъазабун буго тюрк мацӏалъул сонлъун).\nТюрк мацӏалъул кьибил бугелщиназулгун Турциялъул хӏукуматалъ гьабулеб бухьен, гьезул цолъи бихьидал, пикру гьабичӏого хутӏичӏо нилъерго гьаниб, цохӏо миллаталда гьоркьобцин рикьалаби ккезарулел хӏаракатчагӏазул. Гьез жидерго ракьалъул гьабулеб къимат, халкъалъул яшав лъикӏлъизариялъе чӏезарурал шартӏал рихьидал, битӏахъе бахиллъула.\nЭТИМЕСГУТАЛЪУЛ МЭРАСУЛ ХӏУРМАТ\nАнкараялде щвараб тӏоцебесеб къо рукӏкӏунаго, ниж рачана дагъистаниязул хӏурматалда шагьаралъул мэриялъ тепси гӏуцӏараб, рестораналде. Гьенив гӏахьаллъана Анкараялъул Этимесгут районалъул мэр Энвер Демир, симпозиум гӏуцӏарал, нижгун дандчӏвазе рачӏарал Турциялда ругел Кавказалъул халкъазул наслабазул вакилзаби.\nГьаниб батӏаго бицине мустахӏикъал руго, Анкараялда нижгун цолъарал, Азербайжаналдаса дагъистаниязул вакилзабазул. Сапаралъул хъвай-хъвагӏаязул хадусел бутӏабазда тӏад юссина гьезде.\nБечедаб тепси гӏуцӏун гуребги, Энвер Демирица кӏудияб хӏурмат гьабуна гьалбадерил. Нижер щивасул цӏар, иш-пишаги бицун жиндаго аскӏоре ахӏун тӏугьдулгун сайгъаталги кьуна гьес. Дунялалда Дагъистаналъул цӏар рагӏизабурал нилъер спортсменазе хасаб баркала загьир гьабуна мэрас. Кибго бицен рагӏараб турказул тепси-сурпаялдаса хадур ниж парахат гьаруна санагӏат рекъараб отелалъур. Нижер кисиниса гъурущ холареб хӏалалъ гӏуцӏун батана Турциялъул рахъалъ тӏолабго сапарги.\nСИМПОЗИУМАЛЪУЛ БАЙБИХЬИ\nДагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул симпозиумалъул аслияб бутӏа байбихьана хадусеб къоялъ радалго, ай 8 октябралъ. Мухӏканаб тартибалда, сагӏат, минут хӏисабалде босун, гӏуцӏун букӏана гьелъул программа. Къотӏноса жанире лъугьунаго, азбаралда ран ругоан симпозиумалъул игӏланал, жанахӏалъуб Шамил имамасул бюст, Турциялъул, Россиялъул, Дагъистаналъул байрахъал; гьебго къагӏидаялъ къачӏараб данделъабазул залалда Ататюркил ва имам Шамилил чӏахӏиял суратал, звукорежиссерас мех-мехалъ риччалел Дагъистаналъул бахӏарчилъиялъул бицунел кучӏдул. Бокьарас росизе жанахӏалъур ричулел рукӏана (Мухӏамад Хӏамзаевас хъвараб, Асият ва Яшар Озица турк мацӏалде буссинабураб) «Шамил имам» тӏахьалги.\nАвалалдасаго бихьулеб букӏана, нилъер мугьажирзабазул тарихалда жаниб тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб, гьеб гӏелмиябгун маданияб проект гӏумруялде бахъинабиялъе цӏикӏкӏараб кӏвар кьун букӏин. Турциялъул хӏукуматалъул рахъалдаса изну ва квербакъи гьечӏо гьеб лъугьунгутӏиги якъинаб гьечӏищха.\nКӏалъаял рукӏана турк ва гӏурус мацӏазда, кӏиябго мацӏалъул мухӏканаб таржамаги букӏана.\nСанагӏалъи рекъараб данделъабазул залалда симпозиум рагьана Фатин Дагчинарил, Гӏабдуллагь Эренил, Мухӏамадхан Хӏамзатхановасул саламалъулал кӏалъаяздалъун.\nДагъистаналъул гӏелмиял ва тӏадегӏанаб лъай кьеялъул идарабазул камилал махщелчагӏаздаса гӏуцӏараб букӏана нилъер делегациялъул цӏикӏкӏарасеб бутӏа.\nРАНалъул ИИАЭялъул ДФИЦалъул идараялдаса (Институт истории, археологии и этнографии Дагестанского федерального исследовательского центра Российской академии наук) анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун гӏалимчи ахӏун вукӏана симпозиумалда гӏахьаллъизе. Гьенире рачӏаразулъ рукӏана, дагьалъ цеве гьеб гӏелмияб идараялъул нухмалъуде тӏамурав тарихиял гӏелмабазул кандидат Рамазан Гӏабдулмажидов, тарихиял гӏелмабазул докторал Мухӏамадхан Мухӏамадханов ва Муртазагӏали Сиражудинов, тарихиял гӏелмабазул кандидатал Шагӏбан Хӏапизов, Хӏамзат Атаев, Майсарат Мусаева, Мухӏамад Шехмухӏамадов, Жамалудин Маламухӏамадов, Шарапудин Магарамов.\nЦӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб институталдаса (ИЯЛИ ДНЦ РАН) гьенир гӏахьаллъана рехсараб идараялъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Абусупян Акамов ва тарихиял гӏелмабазул кандидат Саида Гьарунова.\nДагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталдаса рукӏана юридикиял гӏелмабазул кандидат Мажид Магьдилов ва филологиял гӏелмабазул кандидат Рахиля Гӏалиева.\nКиназулго кӏалъаязул бицани халалъун ккела, гьел рукӏана Дагъистаналъул хаслъиялъул, тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул, мацӏазул лугъатазул баянал гъваридго рагьулел. Щивасул докладалдасан видео-презентацияги бихьизабулеб букӏана кӏудияб экраналдасан.\nРукӏана кӏалъаял Турциялъул гӏалимзабазулги. Кӏиябго рахъалъул гӏелмиял цӏех-рехазул докладал цӏалиялдалъун лъугӏулеб букӏинчӏо церерахъин. Кӏалъанщинасе кьолел суалал, мухӏканал жавабал — къокъго абуни, лъикӏаб чӏаголъиялда чвахана симпозиумалъул тӏоцебесеб къоялъул хӏалтӏи.\nСуалал кьеялъул рахъалъ чӏел босанин абизе бегьула Бацӏханица (Мухӏамадхан Хӏамзатхановас). Гӏезегӏанго тарих бокьулев, тӏахьал цӏаларав чи вугин ккана гьев.\nАДАБАЛЪЕ ЦӏАКЪЛЪИ БОСАНА РЕКӏЕЛЪ\nГӏахьалчагӏазе чӏамучӏлъулареб хӏалалъ гӏуцӏун букӏана симпозиумалъул программа. Данделъи нухда бачунес кофе-брейк лъазабурабго, рахъунаан жанахӏалъуре свак чучизе. Чай-кофе гьекъолагоги гьоркьоса къотӏулароан гьарурал кӏалъаязда тӏасан чӏагояб хабар, гьенибго гӏахьалчагӏазе рес кколаан цоцазулгун гӏагардегӏан лъай-хъвай гьабизеги, цадахъ суратал рахъизеги.\nНилъер делегациялда гьоркьор гӏезегӏанго рукӏана турк, гӏараб, ингилис мацӏазда кӏалъан бажарулелги. Дун гӏадал, гӏурусги магӏарулги гурони лъаларез, нилъерабго бицунаан Туркиялъул магӏарулазе, гьелги разиго хутӏулаан. Симпозиумалда гӏахьаллъарал Турциялъул магӏарулазул гӏемерисездаго саламатго лъалеб батана умумузул мацӏ. Бищунго йохана гӏолохъанаб гӏелалда гьоркьорги магӏарул мацӏ бичӏчӏулел ратидал. Улкаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса данделъарал гьел гӏолилаз хӏаракат бахъулеб букӏана гьалбадерие хӏажатабщиналъур аскӏор ратизе. Цӏакъго рекӏелъе бортана чӏахӏиязул гьез гьабулеб адаб.\nГӏАСРАБАЗУЛ ТАРИХ РАГЬУЛЕЛ КӏАЛЪАЯЛ\n8 октябрь. Гьеб къоялъул тӏоцебесеб бутӏаялда ункъо доклад букӏана «Ранние этапы истории Дагестана: аналитические материалы» абураб тема кьочӏое босарал. Председатель — Рамазан Гӏабдулмажидов; докладчикал — Хӏамзат Атаев, Муртазагӏали Хӏажиев, Шагӏбан Хӏапизов. Гьел докладаз гӏатӏидго рагьана археологиялъул памятниказул, гьеб культура хӏисабалда, батӏибатӏияб къагӏидаялъ цебетӏеялъул, цересел гӏасрабаз исламалъул центрлъун букӏараб некӏсияб Дербенталъул, Серир пачалихъалъул.\nКӏиабилеб бутӏаялъ рагьана Дагъистаналъул гьоркьохъел гӏасрабазул тарих: Киевалъул Русалъул ва Золотая Ордаялъул заманаялъ Дагъистаналъул гьезулгун рукӏарал дармилал ва экономикиял гьоркьорлъаби; XVI гӏасруялда Дагъистаналъул политикияб карта, магӏарухълъиялда эркенал жамагӏатал гӏуцӏи, гьезул хӏакъалъулъ баянал; Дагъистаналда Надир-шагьасул талихӏкъосин, гьев щущахъ виххизави. Гьеб бутӏаялъе нухмалъи гьабуна профессор Юджел Огурлуца. Гьевги ккола лезгияв, Стамбулалъул халкъазда гьоркьосеб дармил университеталъул ректор.\nЛъабабилеб бутӏаялда кӏвар кьуна мацӏазул цӏех-рехазде: «Исторические связи дагестанских языков и тюркологические исследования». Гьеб темаялдасанги букӏана лъабго гӏалимчиясул доклад — Юджел Огурлу, Рахиля Гӏалиева, Мажид Магьдилов. Председательлъи гьабуна Анкараялъул университеталъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Уфук Тавкулица.\nМАЦӏ КИНАБ БИЦАНИГИ ЩИБ, БИГИ РАКӏГИ МАГӏАРУЛ БУГО\nДокладазда гьоркьоб хӏухьбахъиялъул заманаялъ лъай-хъвай ккана Азербайжаналдаса рачӏарал дагъистаниязулгун. Гьезул бищунго цӏикӏкӏарав — Азербайжаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул мухъилъ вугев шагӏир, Къабахчолиса Рамазан Хутраев. Гьес Цӏоралъул лугъаталда хъварал кучӏдул гӏезегӏанго рагӏунги рукӏана цереккунго. Гӏумруялъго хӏисабалъул дарсал школалда кьурав мугӏалим вугониги, Рамазанил щибаб каламалъулъ буго шагӏирлъи, кечӏ цӏалулеб гӏадаб хӏисабалъул бугоан гьесул кӏалъайго. Кутакалда магӏарухълъи, Дагъистан хирияв, магӏарул адабият лъалев чиги вугоан Рамазан. Гьесул кучӏдул ахӏула Цӏоралъул, Дагъистаналдаги машгьурал, кочӏохъабаз Эмилица, Гӏали Халаевас, Шамил Хурмаевас ва цогидаз. Рамазанил кучӏдузул чанго тӏехь бахъун буго азербайжан мацӏалда. Цоги шигӏрабазул тӏехь магӏарул мацӏалда бахъизеги хӏадурулеб бугин бицана гьес. Дагъистаналъул магӏарул интеллигенциялъул вакилзаби Цӏоралде цӏикӏкӏун рачӏине бокьилин абураб жиндир гьари «Хӏакъикъат» газеталдасан загьир гьабеянги абуна Рамазаница.\nЦоги магӏарулав, Бакуялда гӏумру гьабун вугев, бизнесмен Исмагӏил Гантаевасул анищ бугоан Цӏоралъул магӏарулал цоцалъ гъункизаризе, гьезул вакилзаби пачалихъалъул хъулухъазда, парламенталда рихьизе. 90-абилел соназ Исмагӏил цӏалун вуго Анкараялъул университеталда, политикиял гӏелмабазул факультеталда. Студентлъун вугеб заманаялъго Яшар Озица ва Фатин Дагчинарица Дагъистаналъул, Кавказалъул студентазе гьабулеб букӏараб кумекалъулги бицана гьес. Гӏумруялъего хӏажатал дарсаллъун хутӏанин бицана гьес, Анкараялда гӏумру гьабун вугев магӏарулав Садредин Озденил малъа-хъваял. Исмагӏил цӏалун лъугӏизегӏан гьесие стипендия кьуна Садрединица. Гьадин ракӏалде щвезаруна Исмагӏилица дол сонал:\n— Анкараялда чамалиго ресторан букӏана доб мехалъ Садредин Озденил. Щибаб моцӏрое гьес гӏарац кьолеб букӏиналдаса намуслъунги вукӏунаан дун. Лъабабилеб курсалда цӏалулеб мехалъ дица Садрединида гьарана, гьеб стипендия хӏалаллъизе, цониги рестораналда хӏалтӏун кумек гьабизе бокьун бугилан. Дур хӏалтӏи — лъикӏ цӏали бугин жаваб кьуна гьес. Цӏалуе зарал ккезе теларин абун, дун тӏаса вичӏичӏеб мехалъ Садредин разилъана. Дирги гъира букӏана, цо кинаб бугониги нухмалъулеб хӏалтӏиги кьун, дие хӏалбихьи щвелилан. Пуланаб рестораналде айин, дица мун вачӏунеблъиги бицун бугин абуна гьес. Щвана гьесул бищун лъикӏазул цояб рестораналде — гьениб управ- ляющияс богорокъовеги вачун, картошкаялдаса хъал бахъизе тӏамуна. Рекӏее гӏелищха гӏолохъанчиясе гьеб пиша, дицаго гьарун кьун бугелъул, яхӏалъ хӏалтӏулев вукӏана. «Гьа, щиб кколеб бугеб дур», — анги абун, цо къоялъ вачӏана живго Садредин. Дица лъазе течӏониги, гьесда бичӏчӏиларищха, къандалъаби цӏураб картошка бацӏцӏине дир гъира гьечӏолъи. «Гӏенеккея, Исмагӏил, — анги абун, босун нусгун картошка бацӏцӏине жувана гьев — чанго рестораналъул бетӏергьан. — Лъикӏаб даражаялъул бизнес гӏуцӏиялъе хӏажат буго гьеб иш нилъецаго кьучӏдасанго лъазабизе. Халкъалъе къабулаб тӏагӏамаб кванил ресторан рагьилал де гьадинаб хӏалтӏудаса байбихьизе ккола. Щибаб нигӏматалъул тӏагӏам, гьелъул квен хӏадурулеб къагӏида дудаго бичӏчӏизе ккола». Гьелдаса нахъе батӏи-батӏияб хӏалтӏи малъа- на дида гьес, гӏемераб ишалде тӏаде ккезавуна. Жакъасеб дир магӏишат Садрединил дарсал гӏадахъ росун гӏуцӏараб буго…»\nЦӏалун хадув Азербайжаналде тӏад вуссарав Исмагӏилица гьениб рагьун буго турказул кванил ресторан. Гьанже гьеб бизнес гӏатӏилъун бугинги бицана. Гьев эркенго кӏалъалев вуго гӏурус, магӏарул, турк ва азербайжан мацӏазда. Лъикӏаб иманалъул, кумек хӏажаталъуб жин- дир бутӏа лъолев сахаватав чи ву- гин Исмагӏилин абун бицана гьев лъикӏго лъалез.\nЦӏоралъул магӏарулазда гьоркьов бищунго гӏолохъанав вукӏана Ша- мил Тӏинаев. Исмагӏилидаго гӏадин, гьесдаги лъалеб бугоан ункъабго мацӏ. Жиндир умумузул ватӏан — Лъаратӏа районалъул Надар росулъе щвезеги ният бугин абуна Шамилица. Махӏачхъалаялде жив гӏемер вачӏунин бицана гьес.\n— Дагъистаналда гӏемер гӏагарлъи, гьалмагълъи буго нижер. Гьениб гӏолохъабазул цо хасият бокьуларо дие, гьел лъугьуна Цӏоралъул магӏарулаз цоцалъ азербайжан мацӏ бицунилан бадирчӏваял гьаризе. Рокъобги къватӏибги нужецаго хъурулеб гӏурус мацӏалъул магӏна щибхаян жаваб гьабизе ккола гьезие. Щиб бакӏалда гӏумру гьабун ругониги, гьеб улкаялъул гӏаммаб мацӏалде ругьунлъула чи. Амма нижер рокъоб буго рахьдал мацӏ. Цӏоралъул халкъалъул ракӏги, биги, гӏамалги буго магӏарул.\nАзербайжаналда машгьурай журналист, шагӏир, режиссер, «Самур» газеталъул редактор, лезгияй Седагет Керимовалъул «Цӏорораб бакъ» киноялъул бицен рагӏун букӏана цебеккун. Цеего лъалей гӏадан кинигин жуяна гьейги нижер къокъаялъулъ.\nРАКӏ ЦӏАЛЕБ БУКӏИНЧӏЕБАНИ, ДАНДЕЛЪИЛАРОАН\nКъад къоялъ гӏалимзабаз тарихалъул бицаниги, къасисеб кванида цадахъго культураялъул программаги камизе течӏо. Гьелъие байбихьи лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъ. Турциялда ругел миллатцоязе сайгъатлъун Хадижатица хӏадурун батана тӏаса бищараб лъикӏаб репертуар. Магӏарул халкъиял, миллаталъул бахӏарчилъиялда, мацӏалда хурхарал рукӏана гьезул цӏикӏкӏарасел. Данделъарал гӏажаиблъана Хадижатица турк, гӏараб ва азербайжан мацӏаздаги кучӏдул ахӏидал. Гьелда цадахъ тӏадчӏван кечӏ ахӏулел ясал халлъана цо столалда нахъа. Цӏехараб мехалъ гьел ратана Турциялда цӏалулел Гӏиракъалдаса магӏарулал — яцал Рим ва Махӏа. (Гьел ясазул хъизаналъулги хадусеб нухалъ дагьаб гӏатӏидго бицина). Санагӏат рекъараб банкетазул залалъубги камичӏо цӏиял лъай-хъваял, ракӏгъураб хабар. Кечӏ-бакъаналда гьоркьор рукӏана ракӏ-ракӏалъ цоцаздаса разилъи загьир гьабурал кӏалъаял, гьелги рукӏана гӏурус, магӏарул, турк, азербайжан ва гӏараб мацӏазда. Гьеб сордо нухда бачана Асият Тинаевалъ (Оз).\n— Захӏматаб заманаялъ Турциялъ къабул гьаруна магӏарулал, Кавказалъул чанго батӏияб миллаталъул мугьажирзаби. Гьезул наслабазул лъикӏаб яшав гьаниб батиялдаса рохарал руго ниж, — ан абуна кӏалъазе цеве ахӏарав Авартеатралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас.\n— Гӏасраби аниги, нилъ данде гьарулел руго, исламияб дунялалда бищунго машгьурав кавказияв, Шамил имамасул цӏаралъ. Нилъер цоцахъе ракӏ цӏалеб букӏинчӏебани, гьадин данделъилароан. Имамасул цӏаралъ гъункизарулел руго нилъ, щулалъизабулеб буго вацлъиги гьудуллъиги.\nНилъеда цебе бугеб масъалаги ккола Шамилил цӏарги цӏунун, гьесул цӏаралъе мустахӏикъаллъун рукӏине, гӏумруялъулъ гьеб тасдикъ гьабизе, хадусел наслабазухъеги кьезе.\nПроект гӏуцӏаразе баркалаги кьун, Дагъистаналъе гьезул ритӏухълъиялъул бицунаго, «Дагъистан» ГТРКялъул нухмалъулей Луиза Гӏалихановалъги тӏадчӏей гьабуна политикияб рахъалдаги:\n— Россиялъул ва Турциялъул бутӏруз эркенго цоцахъе хьвадизе изну кьечӏебани, гьадинал дандчӏваял, тадбирал лъугьине рес букӏинароан. Гьеб гьитӏинаб кӏвар гуро кӏиябго улкаялъул бухьен щулалъиялъе. Нилъеда батӏи-батӏиял политикиял хиса-басиял рихьана. Букӏана заман «маххул къадазул» гӏорхъалабаз цоцахъе нух къараб. Турциялда магӏарулал ругин абун рагӏун гурони, гьаниве щварав чи цӏакъго къанагӏат вукӏана. Турциялъул ва Дагъистаналъул магӏарулазул тӏоцересел дандчӏваял рукӏана магӏу щущалел. Жакъа цӏакъго хӏайранлъана, Шигьабудин Озденица чвахун бицунеб магӏарул мацӏалда. Цебеккун гӏемераб биценги рагӏун, гьев вихьизе анищ букӏана дир.\nДир ракӏ рохалил цӏун буго умумузул ватӏаналде бугеб нужер рокьи бихьун, нужеца бицунеб магӏарул мацӏ рагӏун, нилъер миллияб хаслъи цӏунизе бахъулеб хӏаракаталъухъ балагьун.\nТурциялъул батӏи-батӏиял шагьаразда ругел дагъистаниязул жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулелгун цадахъ гьенивго кӏалъазе вахъана, киназего къиматав, Шигьабудин Озденги. Кӏалъазе вахъарав щивас загьир гьабулеб букӏана рекӏел хинлъи, гьеб данделъиялъул бугеб кӏвар. Цӏиял гӏелазда мисалги бихьизабун, гӏасрабаз цоцаздехун хутӏараб гьудуллъи-вацлъиги адаб-хӏурматги цӏуниялде ахӏулел рукӏана.\nГьаниб бицинчӏого хутӏана, симпозиум тӏобитӏулеб кӏалгӏаялъул жанахӏалъуб лъураб Шамил имамасул бюст гьабурав скульптор Нухӏ Ачинил. (Гьеб бюсталъе харжал Сайгидпаша Гӏумахановас гьарунинги бицунеб рагӏана). Скульпторасул хӏалтӏабазул видео-презентацияги бихьизабуна гьеб сордоялъ банкетазул залалда. Нухӏ Ачин вуго Туркиялъул черкесав. Гьесул кӏудияб хӏурмат бугоан дагъистанияздехун. Кавказалъул цересел ва гьанжесел машгьурал гӏадамазул сипаталда жинцаго гьарурал бюстазул музей гӏуцӏун бугин бицана гьес. Нухӏил хӏалтӏабазул мухъилъги цӏар рагӏарал магӏарулал гӏемер ругоан. Гьеб сордоялъул гӏодобчӏеялъе лъугӏел лъуна, къо-лъикӏ гьабулаго Султӏан Ибрагьимовас ахӏарал:\n«Къотӏун гьечӏо жегиги\nКьурабалъ дандерижи,\n— Кьварарал муридазул\nЛаиллагьа илаллагь», — ан абурал кочӏол рагӏабаздалъун.\nДагъистаналъул анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун районалъул вакилзаби рукӏана Турциялде ахӏараб делегациялда гьоркьор. Цебеккун бицухъе, гьезул цӏикӏкӏарасеб къадар магӏарулазул букӏана. Турциялъул ракьалда рещтӏаралдаса нахъе нижеда сверухъ лъугьа-бахъунелъул пикру гьабидал, гьеб тадбир хӏукуматалъул кӏудияб идараялъ гӏуцӏараб гӏадаб хӏисаб букӏана.\nСимпозиумалъул хӏалтӏуда гьоркьоб лъазабураб иргадулаб хӏухьбахъиялъул минутаз, Анкараялда бугеб дагъистаниязул жамгӏияб гӏуцӏиялъул президент хӏисабалда, Фатин Дагъчинарие баркала загьир гьабулей йикӏана дун.\n—Патӏимат, баркала кьезе ккола Яшарие ва Асиятие. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьаз гьаб проект гӏумруялде бахъинабулаго, — ян жаваб гьабуна гьес.\nОз Яшарил ва гьесул лъади Асиятил мурад бугоан Дагъистаналъул тарихгун культура Турци- ялда гӏатӏидго рагӏизаби, кӏиябго рахъалъул бухьен щулалъи. Гьеб гуребги, бихьизабуна Турциялда ругел дагъистаниязул гӏумру-яшав мустахӏикъаб даражаялда букӏин, умумузул ватӏаналде рекӏелъ рокьи цӏунун гуребги, гьеб гӏелмияб, маданияб рахъалъ тӏад хӏалтӏун щула гьабизе гьез бахъулеб хӏаракат.\nНилъер хаслъигун тарих рагьулел кӏалъаял\nАнкараялда 9-10 октябралъул къоязги симпозиумалъул хӏалтӏи букӏана сардил хӏухьбахъулел сагӏтаз гурони гьоркьоса къотӏичӏеб. Гьеб тӏолабго программаялда рукӏанщинал гӏелмиял докладазул, кӏалъанщинав чиясул бицани, цӏакъго халалъила, цӏалдолезеги чӏамучӏлъила. Нижеегогицин гӏенеккизе гъира балел баянал рагьулел рукӏана Дагъистаналъул гӏалимзабазул цӏех-рехаз баянал. Умумузул ракьалъул тарих лъазабизе Турциялда гӏолел Кавказалъул халкъазул наслабаз хӏаракат бахъулеб букӏиналдасаги рохана. «Этнография Кавказа и Дагестана в свете глобальных межкультурных взаимодействий» абураб темаялда гӏуцӏараб бутӏаялъе нухмалъи гьабуна Асият Тӏинаевалъ (Оз).\nДагъистаниязул миллияб хаслъи рагьулел гӏелмиял цӏех-рехазул кӏалъаял рукӏана гӏалимзаби Мухӏамадхан Мухӏамадхановасул, Абусупян Акамовасул, Майсарат Мусаевалъул ва Саида Гьаруновалъул. Кӏиабилеб, профессор Мухӏамадхан Мухӏамадхановас нухмалъи гьа- бураб «Историко-культурные связи Дагестана с Турцией» бутӏаялда докладал рукӏана гӏалимзаби Рамазан Гӏабдулмажидовасул, Шарапудин Магарамовасул, Юсуф-Ислам Йылмазил. «Дагестанцы в Османском Государстве, в примерах документов» абураб темаялда букӏана Йылмазил кӏалъай. Гьел баяназул цӏех-рех жеги гьабизе букӏинги бицана Йылмазица, кӏалъаялдаса хадуб суалазе жаваб кьолаго. Мухӏамадхан Мухӏамадхановас тӏадегӏанаб къимат кьуна гӏолохъанав тарихчияс гьабулеб цӏех-рехалъулаб хӏалтӏуе.\nЮсуф-Ислам Йылмаз вуго Турциялъул Сивас шагьаралда гӏурав магӏарулазул наслуялъул вас. Жиндир умумул, Махтули Мухӏамадилал цӏунтӏадерил ракьалдаса рукӏанин бицана гьес. Шапих росулъа гӏагарлъиялъулгун бухьенги бугин абуна.\nМагӏарул мацӏ гьесда лъалеб гьечӏоан, ниж гьевгун эркен- го кӏалъана гӏурус мацӏалда. Нижее хӏажаталъуб таржамаги гьабулаан Юсуф-Исламица.\nГьес лъазабулеб буго тарихияб гӏелму, цӏалун вуго Саратовалъул ва Сивасалъул университетазда. Чӏужу Дагъистаналдаса ячине бокьун бугинги бицана гьес нижее кофе-брейк лъазабураб хӏухьбахъиялъул заманалда цадахъ чай гьекъолаго.\nКъадеквандаса хадур рукӏана Дагъистаналъул гьоркьохъел ва ахирал гӏасрабазул бицунел кӏалъаял. Гьеб заманаялъ Дагъистаналда гӏуцӏарал лъай кьеялъул идарабазул баян кьуна гӏалимчи Жамалудин Маламухӏамадовас, Шамил имамасул кагътазул бицана шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевас, Шамил имамамасул заманаялъул низамалъул цӏиял баянал рехсана гӏалимчи Мухӏамад Шехмухӏамадовас.\nДагъистаналда ханзабазул заманаялъул бицунеб букӏана, Измиралдаса тарихчи, Мехмет Уярил кӏалъай. Залалда гӏодор чӏараз докладчагӏазе кьолел суалал цо- цо мехалъ бахӏсалдецин сверулел рукӏана. Гьел суалал роцӏинаруна гӏалимзабазул мухӏканал баяназ.\nТириял кьурдабигун къасисеб тепси\nКъасиквен букӏана Кавказалъул кьурдабигун. Гьални «Лезгинка» ансамблялда куцарал кьурдухъаби ратилин букӏана пикру. Къад симпозиумалда хӏажатабщиналъе эхетарал волонтерал ругоан къаси, Кавказалъул ратӏлил формагун, тириго свери бахъулел. Гьезулги це- вехъан – Стамбулалда гӏумру гьабун вугев магӏарулав Гекай.\nГьев гӏолохъанчияс гьитӏинаб мехалдаса нахъего тӏадчӏун, профессионалияб даражаялда, лъазарун руго Кавказалъул кьурдул расенал. Фармакологлъунги цӏалун щвараб лъаялда рекъон хӏалтӏулев вугониги, жеги тун гьечӏо «Кавказалъул кьурдаби» ансамблялда гӏахьаллъиги.\nГьединго Гекайица жигараб гӏахьаллъи гьабулеб буго Турциялда ругел дагъистаниязул жамгӏияб хӏалтӏулъ. Гьеб къасисеб тадбиралдаги гӏахьаллъана Турциялъул батӏи- батӏиял шагьаразда ругел дагъистаниязул наслаби, жамгӏиял хӏаракатчагӏи. Рукӏана ракӏразиял кӏалъаял, ракӏалдещвеялъе кьолел сайгъатал\n«Имам вихьана макьилъ…»\nХадусеб къоялъ симпозиумалъул программа байбихьана Мухӏамад Хӏамзаевас авар мацӏалда хъвараб, Оз Асиятица ва Яшарица турк мацӏалде буссинабураб, «Имам Шамил» тӏехьалъул презентациялдаса. Гьеб бутӏаялъул жавабиявлъунги вихьизавун вукӏана хъвадарухъан, журналист Мухӏамад Бисавгӏалиев. Цебеккун киданиги бихьун букӏинчӏо гьес тӏахьазул презентациял рачунеб. Амма ругьунабго пиша гӏадин, тӏадегӏанаб даражаялда тӏубазабуна гьеб иш Бисавгӏалиевас.\n2009 соналъ къватӏибе бачӏараб «Имам Шамил» тӏехьалъе тӏадегӏанаб къимат Дагъистаналда цебего кьуна, халкъалъ къиматаб сайгъатлъун къабулги гьабуна. Турк мацӏалдеги гьеб бусинабиялъ Турциялда гӏолел дагъистаниязул наслабазе бугеб цӏикӏкӏараб кӏваралда тӏадчӏей гьабуна презентациялда гӏахьаллъарал гӏемерисез. Гьенир кӏалъана профессор Уфук Тавкул, Мухӏамад Хӏамзаев, Мухӏамад Хъарагишиев, Асият Оз, Шагӏбан Хӏапизов, Патӏимат Гьитӏинова. Бахӏсалде сверарал суалалги камичӏо гьенир. Шамилил заманаялъул тарихалъул гъваридаб бичӏчӏи гьечӏолъи бихьулелги рукӏана цо-цо суалал. Цӏакъ рекӏее гӏуна нилъер тарихчагӏаз гьезие кьурал кьучӏал жавабал.\nАсият Тӏинаевалъ гӏатӏидго баян кьуна тӏехь турк мацӏалде буссинабулаго гьабураб хӏалтӏул, гьеб ишалъулъ гӏахьаллъаразул, тӏоцебе гьеб цӏалараб мехалъ жиндиего гьа- бураб гъваридаб асаралъул. Турк мацӏалда тӏехь къватӏибе бачӏараб мехалъ, жинда макьилъ Шамил имам цеветӏамунинги бицана гьелъ. Киналго кӏалъаял рукӏана гӏурус ва турк мацӏазда. Гьелъул таржама-ги букӏана гӏенеккаразе санагӏаталда гӏуцӏун. «Хӏакъикъат» газеталъул вакил хӏисабалда, дир къокъабго кӏалъай букӏана магӏарул мацӏалда. Гьелъухъ баркала загьир гьабун рачӏана аскӏоре Турциялъул магӏарулалги. Авар каламалъухъ урхъарал гӏолилал гьезда гьоркьор ратиялдаса дунги йохана.\n10 октябрь къоялъул радал Анкараялда рещтӏана Дагъистаналъул халкъияй артистка Зайнаб Махаеваги.\nГӏасругун бащдалдаса цӏикӏкӏун заман къватӏиб барал мугьажирзабазул наслабаз магӏарул мацӏ бицунеб рагӏидал, рекӏее лъикӏаб асар гьабула. Чияр букӏаниги ватӏанлъун лъугьун буго гьезие умумул гочарал улкаби. Кигӏан санагӏатаб яшавалда ругониги, гьезул ракӏазулъ буго умумузул ракьалдехун хинаб асар, бидулъго буго Кавказалде рокьи. Гьеб цӏунизе, хадур гӏолезухъе кьезе квербакъула Анкараялда бугеб Дагъистаналъул тарихалъул ва маданияталъул жамгӏиял гӏуцӏабаз. Дагъистаниял, кавказиял данделъулел гьединал гӏуцӏаби руго Турциялъул гӏезегӏанго шагьаразда. Хӏукуматалъул рахъалдаса гьукъиги гьечӏо гьезул хӏалтӏуе. Гьеб бутӏаялда хӏалбихьи щварал гӏадамалги рукӏана тадбиралде ахӏун.\nСимпозиумалъул ахирисеб къоялъги программа букӏана бечедаб. Ватӏанцоязулгун бухьен щулалъиялъе жамгӏиял гӏуцӏабаз гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Турциялъул, Дагъистаналъул, Азербайжаналъул ва Гӏиракъалъул дагъистанияз.\nГьебго къоялъул къасисеб тепсиялда нахъа гӏодорчӏаразе рес щвана, нилъер халкъиял артисткаби Хадижат Жамалудиновалъул ва Зайнаб Махаевалъул кучӏдузухъ гӏенеккизеги. Машгьурал кочӏохъабаз цадахъ биччараб бакъанги цӏакъго къабуллъана данделъаразе.\nСимпозиумалъул аслияб хӏалтӏи лъугӏун хадусел къояз, гьеб проект гӏуцӏараз, гьалбал рачана Турциялъул бищунго машгьурал тарихиял бакӏазде, пачалихъияб кӏваралъул музеязде.\nБурсаялъул аваралгун\n13 октябралда нижер автобусалъ нух босана Анкараялдаса ункънусгогӏан километралъ рикӏкӏад бугеб Бурсаялде. Гьенире гӏагарлъарабгӏан ракӏалде ккола магӏарухълъиялде щолел ругин.\nКъадекванил тепсиги гӏуцӏун, данде рахъун ратана Бурсаялъул дагъистаниял. Лъикӏаб лъай-махщел щварал, берцинаб яшав гӏуцӏарал гӏадамал рукӏин бихьулеб букӏана гьел. Данделъараз, жидерго цӏаралги рехсон, бицунеб букӏана щиб росулъа умумул рукӏаралали. (Гьеб рахъалъ баяналги ракӏарун гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго «Гъуниб» газеталъул редактор Мухӏамад Къебедовас). Цо-цоязда умумузул росу лъалебги гьечӏоан. Хӏисаб гьабидал, Турциялде гочарал магӏарулазул гӏемерисеб къадар Гумбет районалдаса бугин тана. Гьезул гӏемерисел ругоан Ортотепе, Киреч росабалъ. Нижгун сапаралъ вукӏарав Гумбет районалъул администрациялъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Хъарагишиевас бицана, гьел росабалъ жидер кьолбол гӏемерал гӏадамал ругин. Мухӏамадица чанго соналъ тӏадчӏун балагьулеб бугоан гьениб гӏагарлъи. Гьезул цояв вугоан Яшар Озги.\nЩаялиго бадиб магӏу ххулулеб, хинаб лъалкӏ рекӏелъ хутӏулеб букӏана Бурсаялъул магӏарулазулгун дандчӏвай.\nХадубккунисеб нижер сапар букӏана, Бурсаялдаса лъабнусгогӏан километралъ рикӏкӏаде, Дарданелл проливалъул рагӏалда бугеб, Чанаккале провинциялде. (Гьанибго ракӏалде щвезабила, дагьал цере соназги гьеб провинциялъул губернаторлъун вукӏана магӏарулав, Турциялда машгьурав политик, хъвадарухъан Ахӏмад Чинар.)\nНекӏсияб Троя ва тарихияб Дарданелл\nТӏоцебесеб къоялъ ниж гьоболлъухъ ахӏана, улкаялдаго бищун лъикӏал идарабазул цояб, Чанаккале шагьаралъул университеталде. Бихьизабуна гьенибго бугеб, Чанаккале провинциялъул тӏабигӏиял, магӏданиял ва ралъдал бечелъабазул музейги.\nГьеб, кӏикъоазарго студент жаниве вачунеб университеталда цӏалулел ратана Дагъистаналдаса, Крымалдаса гӏолилалги. Гьезулги цояв, Нугъай районалдаса Эмир Хасаевас гъираялда бицана лъай кьеялъул ва гӏумру гьабиялъул рахъалъ университеталда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ.\nТурциялъул ракьалъул рагӏал- лъаби чурула ункъо батӏияб ралъдаца — Чӏегӏер ралъад буго Шималияб рахъалда, Средиземное — югалъулаб рахъалда, Эгейское — Турциялдаги Грециялдаги гьоркьоб; Мармаралъулин абуни ккола — улкаялда жанисеб ралъад, ункъабго ралъадалъул бухьен буго Босфор ва Дарданелл проливаздасан. Цересел гӏасрабазго гӏадин, гьанжеги гьел проливаз дунялалъулго геополитикаялда ккола цӏикӏкӏараб кӏваралъул бакӏ. Чанаккалле шагьаралда гӏагарлъухъго буго некӏсияб, маргьадулъ гӏадаб биценалъул, Троя шагьаралъул хутӏел. Нилъеда гьеб лъала цересел греказул шагӏир Гомерил «Иллиада» асаралдаса ва гьелда рекъон рахъарал кинофильмаздаса. Троя шагьаралъул чӏваднал рухъулаго, археологазда батанщинаб данде гьабун гӏуцӏараб тарихияб музейги буго гьениб.\nРоссиялъе Сталинград гӏадаб, Дагъистаналъе Ахӏулгохӏ гӏадин къиматаб, бахӏарчияб тарих буго Дарданелл проливалъул рагӏаллъуда бугеб Галлиполи бащдаб чӏинкӏиллъиялъул. Тӏоцебесеб дунялалъул рагъулъ турказ жидерго ватӏан тушбабаздаса цӏунун, бергьенлъи босараб гьеб борхалъуда, кутакалда асар гьабулеб къагӏидаялъ гӏуцӏун буго бечедаб музей, гьениб чӏаго гьабун буго дол рагъазул тарих. Гьеб цӏунизе гӏемерал харжалги гьарун, балагьаразул ракӏазе цӏакъго асар гьабуледухъ, жидер миллаталде хӏурмат цӏикӏкӏунедухъ бихьизабулебги буго турказ.\nГрециялда дандбитӏун, Дарданелл проливалъул рагӏалда бараб кӏиго сордо-къоги букӏана даималъго рекӏелъ хутӏулеблъун. Шагьаралъул нухмалъулел, университеталъул ректор, Крымалдаса татаразул церехъаби гӏахьаллъараб букӏана, къасисеб кванил тепсиялда нахъа гӏуцӏараб хӏурматияб дандчӏвай.\nГьаб ракьалъул кьучӏав хважаин вуго\nАвтобусалда рекӏун Чанаккаллеялдаса Стамбулалде унаго нахъа тана ичӏго сагӏаталъул нух.\nКире руссаниги, бижулеб букӏана цого пикру — жидерго ватӏаналъул, ракьалъул тӏалаб, къимат гьабулеб буго турказ.\nЧанго азарго километр нухлул нахъа толаго киса-кибего гӏурччинлъи, хъулухъ гьабурал гъутӏби, щибаб гъотӏол, хъархъил кьолболъе лъим тӏинкӏизабун лъалъалеб къагӏида, хасалихъе бачӏинги бакӏарун мухӏканго регарал хурзал, ахал… Гьединал бакӏазда ракӏалде щвечӏого хутӏуларо рехун тарал нилъерго мегъал, рекьуларел авлахъал, хъублъиялъ цӏурал рохьал, гьединалго гӏурул рагӏаллъаби.\nБерцин бихьана турказул гӏи-боцӏул фермабазда аскӏоб рацӏцӏалъи. Гӏархъазде буссинабураб хер, нилъер гьаниб гӏадин гӏаздакь, цӏадакь толеб гьечӏо, тӏад чӏахӏиял тентал ккун, рахчун руго. Кибго хӏалигъараб гӏурччинлъи бугониги, гӏорал, лъарал, хӏорал халлъичӏо.\nЦокӏалаб тайпаялда гӏуцӏарал росабалъ 2-3-4 тӏалаялъул ругоан киналго минаби. Гьезулги тӏохазда щегӏ гурони, маххгун шифералда берчӏвачӏо. Ригьзабазда сверухъ буго къунцӏун, чӏаран къачӏараб, гъветӏ-хъарахъ, халлъичӏо азбар- къоно бахчарал рорхатал къадал, чӏухӏун къачӏарал маххул каваби. Асар гьабичӏого хутӏичӏо шагьаразул ва росабазул щибаб авалалда ругел гӏемерал берцинал мажгитаз, рорхатал михӏмараз.\nХъухъан, бичӏун, къачӏан бичулеб цӏул батула бакӏ-бакӏалда. Цӏа бакун рукъзал хинлъизарулел бакӏал гӏемер рукӏин бихьула, тӏохазда кӏкӏуйдул тӏалаби рукӏиналъ. Лъим, газ, ток гьарзаго гьечӏин ккана, гьорол ток гьабулел станциялги рихьула гӏезегӏанго щобазда.\nКинаб рахъалъ халгьабуниги, тӏолабго улкаялда, цокӏалаб, жидерго буголъи цӏунараб, кьварараб политика букӏин бичӏчӏула.\nСулейманил гьундул ва нух битӏиялъе бахъухъ\nСтамбулалде щвараб нахъисеб къоялъ ниж рачана экономикая- лъул, дармил лъай кьолеб, халкъазда гьоркьосеб университеталде. Гьеб университеталъул ректор, Дагъистаналдаса наслуялъул лезгияв, профессор Юджел Огъурлуца лъикӏаб дандчӏвайги хӏадурун батана умумузул ракьалдаса рачӏарал гьалбазе. Стамбулалъул дагъистаниял цолъиялъе Юджелица гӏемераб хӏалтӏи гьабулин бицана симпозиум гӏуцӏараз.\nЦояз цогидазухъе ахӏун, ниж лъалхъанщинаб бакӏалда данделъун ратулаан нилъер мугьажирзабазул наслаби. Гьанже Дагъистаналдаса ун Стамбулалда цӏалулел магӏарул васал рачӏана гьенире нижгун дандчӏвазе. Турциялъул ракьалде щвараб щибаб нухалъ цӏикӏкӏун бичӏчӏула гьенир гӏемер магӏарулал, дагъистаниял рукӏин.\nКиналго дандчӏваязда рихьанщиназул цӏаралги, киса-щивалиги ракӏалда хутӏичӏо, хъванги хӏалкӏвечӏо.\nСимпозиумалъул нухмалъулез ракӏалдещвеялъул сайгъатал рикьулел рукӏана киналго тадбиразул, дандчӏваязул гӏахьалчагӏазе, гьоболлъи-хӏурмат гӏуцӏаразе, хӏалтӏулъ квербакъаразе.\nШамил имамасул фондалъул рахъалдасаги рукӏана Турциялда ругел ракьцоязе, хӏурматиял гӏадамазе кьолел Дагъистаналъул хаслъиялъул сайгъатал.\nДунялалда бицен рагӏараб гьайбатаб Стамбул, некӏсияб тарихалъул музеял, Султӏан Сулейманил гьундул, Турциялъул дагъистаниязулгун къо-лъикӏ гьабулеб гӏодобчӏей — бечедаб букӏана сапаралъул ахирисел къоязул хӏухьбахъиялъулаб программаги. Аэропорталде ниж щолаго автобусалда жаниб бахъана магӏарул бахъухъалъул махӏ. Цебе- ккун дица бицен гьабурав кьурду- хъан Гокайил лъади ячӏун йигоан умумузул къагӏидаялъ бахъухъги гьабун.\n— Дагъистаналдаса рачӏарал нижер умумуз щибаб байрамалде гьабулаан бахъухъ, — ан абуна гьес, къо- лъикӏ гьабиялъе гьеб нигӏматги бикьулаго.\n— Нижее байрамлъун ккана умумузул ватӏаналдаса рачӏарал нужеда цадахъ рарал къоял.\nТурциялъул ракьалда рещтӏаралдаса нахъе нижеда сверухъ лъугьа-бахъунелъул пикру гьабидал, гьеб тадбир хӏукуматалъул кӏудияб идараялъ гӏуцӏараб гӏадаб хӏисаб букӏана. Амма гьеб букӏана Оз Яшарил ва гьесул лъади Асиятил кӏудияб захӏматалъул хӏасил. Гьезул мурадги бугоан Дагъистаналъул тарихгун культура Турциялда гӏатӏидго рагӏизаби, кӏиябго рахъалъул бухьен щула гьаби. Умумузул ватӏаналде гьезул ракӏазулъ цӏунараб рокьул хинлъиялъ, гьез бицунеб магӏарул мацӏалъ цӏакъ гъваридаб асар гьабулеб букӏана щибаб дандчӏваялда. Гьединго, симпозиум гӏуцӏараз гьалбадерида бихьизабуна Турциялда гӏолел дагъистаниязул наслабазул гӏумру- яшав мустахӏикъаб даражаялда букӏин.\nАсар гьабуна гьенир гӏемерал гӏолилал-волонтерал гӏахьаллъи- ялъги. Жидерго хӏалтӏи-ишги хъизан-рукъги тун киса-кирего цадахъ рукӏана гьел.\nСапаралъул хъвай-хъвагӏаял газеталда къватӏире кьолаго, нижеца гӏемерисеб нухалда хӏалтӏизаруна гӏолохъанав тарихчи, магӏарулав Юсуф-Ислам Йылмазица рахъарал суратал.\nАэропорталда дандчӏваралдаса нахъе, гьенирего нухарегӏизегӏан цадахъ вукӏана гьев.\nБаркала кьезе гӏадамалги бицинчӏебги гӏезегӏанго хутӏана. ИншаАллагь, батила гьеб гӏатӏидго рагьизе цоги батӏияб къагӏида.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА\nПатӏимат Гьитӏинова"}
{"slug": "14604-bishchun-kovid-tiibitiarazda-g-orl-dag-istangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14604-bishchun-kovid-tiibitiarazda-g-orl-dag-istangi", "title": "Бищун ковид тӏибитӏаразда гъорлъ Дагъистанги", "date": "2021-10-29 10:17:06", "categories": ["vakcina"], "text": "25 октябралде ругел баяназда рекъон, ахираб кӏиго анкьида жаниб СКФОялда коронавирусалъ унтун вуго тӏадеги 17 азарго чи (6,3 процент). Унтул хъвай-хъвагӏай гьабуразул гӏаммаб къадар ккола 284 азарго чи.\nБищун гӏемер унтизе байбихьун руго Ставрополь краялда, Дагъистаналда, Кабардино-Балкариялда.\nГьедин бицана 26 октябралда тӏобитӏараб СКФОялъул субъектазул бутӏрузул данделъиялда.\nОперштабаздаса харбал\nГьеб округалда Россиялъул президентас тарав официалияв вакил Юрий Чайкаца бицана вакцинациялъул ишги квеш гьечӏин округалда, амма ракӏалда букӏарабгӏан лъикӏги гьечӏилан. СКФОялда буго вакцинаялъул нахърателги. Гӏадамазе гьабун буго гьелъул 72 процент. Гьединлъидал Госуслугабазул сайталдасан гӏарзаги хъван, иргаялда чӏарал гӏадамазе гьабизе кколин гьеб хехаб къагӏидаялдаян абуна Чайкаца.\nГьелдаса хадуб ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасги тӏобитӏана коронавирусалда дандечӏезелъун гӏуцӏараб оперативияб штабалъул данделъи.\nГьес тӏадкъай кьуна, хӏажалъи ккани, больницабазда тӏадеги койкаби лъезе, коронавирусалде кӏвар кьезе кколеб букӏунилан, захӏматал цогидал унтаби, батӏи-батӏиял патологиял ругел чагӏазе букӏине кколедухъ медицинаялъул кумек гьабизе, гьединго вакцина гьабиялъул гӏаламатлъун кколеб QR-код бихьизабун гурони чи цо-цо бакӏазде виччангутӏизе.\nГьел бакӏал ккола дармилал централ, 400 кв. метралдаса кӏодолъиялъул (кванил нигӏматазул гурел) тукаби, гӏемерал чагӏи жанир кваналел бакӏал, кинотеатрал, спортзалал, фитнес-залал, руччабазул салонал.\nСергей Меликовас абуна QR-код бихьизабизе гӏадамал кин тӏамилелали бицун, бизнесменазда, батӏи-батӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулезда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏиги гьабизе ккелилан. Гьереси-кодал рихьизарулел ругищали халкквезе ахӏана гьес МВДялъул идарабиги.\nГьедин QR-код бихьизабулеб къагӏида цогидал улкабазда араб риидалго билълъанхъизабун буго.\nГьеб данделъиялда бицана вакцина гьабичӏел ва хроническиязде сверарал унтаби ругел 60 сонилъа арал чагӏи моцӏица рокъор тезе рукӏиналъулги. Амма гьеб ахӏвал-хӏалалдаса пайдаги босун, хӏалтӏухъаби хъулухъаздаса нахъе ритӏизе лъугьине бегьулин цо-цо нухмалъулел, гьелдеги кӏвар кьезе ккелин абуна Меликовас.\nОперштабалъул баяназда рекъон, 25 октябралдехун республикаялда вакцина гьабун буго щунусазаргоялде гӏагарун чияс. Амма дару гьабизе кколел гӏадамазул 27 процент ккола гьеб.\nРоспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас рехсана хехаб куцалда коронавирус тӏибитӏулел районалги: Бабаюрт, Дахадаев, Гъизляр, Мухӏарамкент, Шамил, Сулейман-Стӏал, Хив районал ва Дербент, Хасавюрт, Избербаш, Дагогни шагьарал.\nДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул ишал тӏуразарулей Татьяна Беляевалъ бицана гьабсагӏаталда республикаялда 2, 8 азарго койка бихьизабун бугила унтаразе, хӏажалъи ккани, тӏаде жеги 116 койкаги хӏадурилила. Гьедин больницабазда вуго ковидалъ/пневмониялъ унтарав 2346 чи (гьезда гьоркьоб буго 48 лъимерги, 60-йилъа сонал арав 658 чиги, лъимаде йигей 40 чӏужугӏаданги).\nРеанимациялда вуго 153 чи. Кислород кьолеб буго 717 чиясе.\nБеляевалъ бицана гӏодоркъоязе кьолеб хадусеб анкьалъ вакцинация гьабулел пунктал хӏалтӏулел рукӏине ругиланги.\n«7 ноябралдаса хадуб цӏикӏкӏина унтаразул къадар»\nКъойилго унтаразулгун бухьеналда рукӏунел тохтурзабазул цо-цояз гьадин бицана вакцинаялъулги ковидалъулги хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталъе.\nГӏабдурахӏман Хайрулаев, Дагъистаналъул катастрофабазул медицинаялъул централъул кӏудияв тохтур:\nМиллион чияс гӏумру гьабулеб Махӏачхъалаялда ковидгун пневмониялъ унтаразул къадар гьабсагӏаталдагицин гьедигӏан кӏудияб бугин абиларо дица — сордо-къоялда жаниб загьирлъула 85-95 чи. Амма анкьабилеб ноябралдаса хадуб унтаразул къадар цӏикӏкӏинин ккола дида.\nКӏиго анкьалъ цебе къанагӏат гурони рукӏинчӏо тӏаде унтарал чагӏи (масала, сордо-къоялда жанив — 50-60 чи).\nБокьанагӏан унтаралги регизарулел руго больницабазда (Редукторныялда бугеб больницаялда, республикаялъул Ветераназул госпиталда, централияб больницаялда). Цо талихӏалъ, гьединал унтаразе гьабсагӏаталда эркенал койкабиги руго гьенир. Гӏицӏго щуго процентгӏанасеб къадар букӏуна унтаразул, рокъор чӏун дару-сабаб гьабизе бокьарал. Гьел нижеца больницабазде рачинчӏого, участкабазул тохтурзабазул халкквеялда гъоркь рукӏине рокъор тола.\nНижеца больницабазде рачунел унтаразда гъорлъ руго цӏакъ захӏматалги. Гьел рукӏуна рикӏкӏада росабалъа рачӏарал, вакцинаги гьабичӏого, иш ахиралде ккезегӏан рокъор сах гьаризе чӏолел чагӏи. Масала, чанго къоялъ цеве дида лъикӏ лъалев чияс гьарана жиндир вац больницаялда вегизавеян. Гьабсагӏаталда захӏматаб хӏалалда больницаялда вуго гьев. Гьезул рокъосезул цонигияс гьабун гьечӏо вакцинаги.\nГьебго хӏалалда больницаялда вуго Хьаргабиса дир гьалмагъасул вацги. Гьесги гьабун гьечӏо вакцина. Палхӏасил, киналго захӏматго унтарал чагӏи вакцина гьабичӏел ратулел руго.\nДагьал ругониги, лъималги унтулел руго. Сордо-къоялда жаниб – лъабго-ункъо лъимер.\nЦо-цо мехалда унтаразда гьоркьор дандчӏвала цереккун унтун рукӏарал чагӏиги. Иммунитет дагьабниги загӏипал чагӏи цӏидасан унтизеги рес буго. Амма иммунитет лъикӏаб бугони, гьеб унтуда дандечӏола.\nВакцинация гьабурал чагӏиги унтулел ругилан бицунеб рагӏула. Гьеб жо гьереси ккола. Гьединазул гӏицӏго 0,01 процент гурони унтизе рес гьечӏо. Унтаниги, бигьаго унтула.\n— Дуца абуна анкьабилеб ноябралдаса хадуб унтаразул къадар цӏикӏкӏине бугилан. Сунда бан?\n— Сунда банха букӏинеб, эркенго сапарал гьаризе изну кьун бугелъул гӏадамазе. Гӏодоркъоял рукӏинги хӏисабалде босун, хӏухьбахъизе ине къачӏалел руго гьел. Гьале нижер хӏалтӏудаги руго гьединал чагӏи.\nАхирисеб дежурство бугила жидер гьаб, гьелдаса хадур жал хъизаналгун цадахъ Турциялде ине ругила. Валлагь, нужеца добаса бищунго инжитаб штамм босун бачӏинчӏонихаян дицаги абуна.\nХӏуризадай Абуева, Буйнакск шагьаралъул поликлиникаялъул тохтур:\n— Хас гьабун «Спутник-Лайталъул» цо компонент гьабизе къваригӏун, нижер больницаялде гӏемер рачӏана Буйнакскиялдаса гурелги, цогидал шагьараздасагун сверухъ ругел росабалъаги гӏадамал. Гьел кколаан ковидалъ цоцӏул унтарал ва гьелдаса хадур лъугьарал антителаби цӏикӏкӏинаризе бокьарал чагӏи. Гьединго жидеца гӏумру гьабулел бакӏазда вакцина тӏаде щвеялъухъ балагьун чӏезе бокьичӏел чагӏиги руго гьел.\nГьаб нижер больницаялдаго гӏадин, Буйнакскиялда вакцина гьабулел бакӏал руго лъималазул поликлиникаялдаги диагностикаялъул централдаги.\nГьанже вакцина гьабизе рачӏунезда гъорлъ гӏемер руго рекӏел, бидурихьазул унтаби ругел гӏадамалги. Телевизоралдасан Малышевалъул, Мясниковасул ва цогидал передачабазухъ балагьун, Москваялдаса байбихьун улкаялда лъугьа-бахъунелъухъ гӏенеккун хадуб, бижулеб буго гьезулъ вакцина гьабизе ккелин абураб пикру.\nВакцинаялда хадур рачӏарал гӏадамазул ригьалъул бицани, гӏолохъаналги руго гьезда гъорлъ, гьоркьохъебгун чӏахӏияб ригьалъул чагӏиги руго.\nЩаяли гӏемерисез «Спутник» тӏаса бищулеб буго, гьелъие лъикӏго реклама гьаби батила гӏилла. Ревакцинациялъеги бихьизабун бугелъулха гьеб.\nЖив ковидалъ унтилин хӏинкъарав цо пациент вукӏана дир. Дица гьесда абуна цин дур ургьисалабазул гӏузру сах гьабичӏого, вакцина гьабиларин абун. Гьединлъидал гьев медотводги хъван чӏезавун вукӏана. Хадуб дагьаб мадар лъугьиндал, вакцинаги гьабуна. Ковидалъ унтаралдаса чанго моцӏ инегӏан чӏезе кколел ругони, яги сах гьаризе бажаруларел, захӏматал унтаби ругел чагӏазе кьола медотводал. Гьелги кьола заманаялъе. Гӏумруялъего гьединаб медотвод къанагӏат гурони кьоларо. Масала, дир цо пациент вуго кӏващул унти сах гьабизе кӏоларев. Рукӏуна бронхит, пневмония багъарун, ургьисалал цӏунун ва цогидаб унти хӏалуцарал чагӏи. Гьезие кьелебищ медотводали, ургъизе руго ниж.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "14605-premerl-un-giamirkhanov-vikhizavuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14605-premerl-un-giamirkhanov-vikhizavuna", "title": "Премьерлъун Гӏамирханов вихьизавуна", "date": "2021-10-29 10:22:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул цӏияб хӏукуматалъе нухмалъи гьабизе Сергей Меликовас цӏар чӏвана гьанжелъизегӏанги гьеб хъулухъалда вукӏарав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасда.\n28 октябралда тӏобитӏизесеб Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъезе буго гьесул кандидатура.\n14 октябралда республикаялъул нухмалъулевлъун вищун хадуб Сергей Меликовас гъоркь букӏараб хӏукумат хъулухъалдаса гӏодоб чӏезабуна (ДРялъул Конституциялъ тӏалаб гьабухъе).\nДРялъул хӏукуматалъул председателасул ишал тӏуразаризе Гӏамирхановасда тӏадкъан букӏана 2020 соналъул 11 декабралда."}
{"slug": "14606-kaspijsk-makhiachkh-ala-5-g-urshchitsa-khira-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14606-kaspijsk-makhiachkh-ala-5-g-urshchitsa-khira-gabuna", "title": "Каспийск-Махӏачхъала»: 5 гъурщица хира гьабуна", "date": "2021-10-29 10:23:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хъахӏилаб цӏатариялъ цере лъолел тӏалабал\nТӏасияб моцӏалдаса байбихьун хиралъизе буго Каспийскиялдаса Махӏачхъалаялде рекӏаралъухъ босулеб багьа. 15 ноябралдаса нахъе 45 гъурщиде бахине буго гьеб. Маршрутка бачунез жидерго машинаялда жаниб гьединаб лъазабиги чӏван буго.\nЦебесеб анкьалъ хиралъана Махӏачхъалаялда жаниб маршруткадул багьаги. Нижеца гьелъул хӏакъалъулъ хъван букӏана цебесеб номералда.\nМахӏачхъалаялдаго гӏадин, Каспийскиялде-нахъе хьвадулел водителазги багьа хиралъиялъе гӏиллалъун рехсолеб буго газалъулгун бензиналъул багьаби рахин. Газалъул цо литрадухъ додинго 35-36 гъурущ буго. Гьединлъидал рекӏадухъ багьа бахинабичӏого жидерги рес гьечӏин бицана «Каспийск-Махӏачхъала» маршруталда хӏалтӏулел водительзабаз.\nКаспийскиялдаса Махӏачхъалаялде хӏалтӏуде хьвадула гӏемерал чагӏи. Щибаб къоялъ радал гьениреги, къаси рокъореги рекӏине кколел чагӏазе 45 гъурущ дагьаб гӏарац гуро.\nЦохӏо маршруткаби гурелги, автобус-троллейбусалги хьвадула гьенире. Амма нухда цӏакъго гӏемераб заман балеб букӏиналъ, киназего гуро гьеб транспорт рекӏее гӏолеб.\nГьединго 26 октябралдаса байбихьун жамгӏияб транспорталда рекӏунел гӏадамаз маскаби ххун ругищ-гьечӏищали хал гьабизелъун, низам цӏунулел хӏалтӏухъабазул рейдги унеб буго Махӏачхъалаялда."}
{"slug": "14607-afg-anal-ulazda-kver-chivaleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14607-afg-anal-ulazda-kver-chivaleb-bugo", "title": "Афгъаналъулазда квер чӏвалеб буго", "date": "2021-10-29 10:25:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рукъзал щвезе иргаялда чӏарал ветеранал\nрази гьаруна гӏарацги кьун\nАфгъанистаналъул рагъул ветераназе мина-рукъалъул суал роцӏцӏинабизелъун субсидиялъул гӏарац кьезе байбихьана гьал къозда. Гьезул щивасе щвезе буго цо миллионгун 171 296 гъурущ. Гьаб сон лъугӏилалде гьеб гӏарац 190 ветеранасе кьун рагӏалде бахъинабизе бугин абуна республикаялъул Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министерствоялъ.\nФедералияб бюджеталдаса гьелъие биччан буго 223 миллион гъурущ. Министерствоялъ бицухъе, рукъ босизе гӏарац щварал афгъаналъулазул къадар соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго. Мисалалъе, 2017 соналда гьеб гӏарац щун буго 61 чиясе, 2018 соналда – 29, 2019 соналда – 62 ва гъоркьиса — 85 чиясе.\n2005 соналдаса нахъе иргаялда чӏун ругел ветераназе субсидиялъул гӏарац кӏиго-лъабго соналда жаниб тӏубанго кьун рагӏалде бахъинабизе ракӏалда буго Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министерствоялда."}
{"slug": "14608-makhiachkh-alayal-ul-tsiorol-kikior-gabuleb-zavodalda-makhshchelchagii-giolel-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14608-makhiachkh-alayal-ul-tsiorol-kikior-gabuleb-zavodalda-makhshchelchagii-giolel-gechio", "title": "Махӏачхъалаялъул цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалда махщелчагӏи гӏолел гьечӏо", "date": "2021-10-29 10:29:05", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏураб къадаралде хӏалтӏухъаби гьечӏолъиялда бан, букӏине кколеб къагӏидаялъ хӏалтӏизе кӏолеб гьечӏо Махӏачхъалаялъул цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалда.\nМоскваялда дандеккун балагьанигицин, лъикӏаб харжги щвезе рес букӏаго, жинда бичӏчӏуларин щай нилъер гӏолохъабаз гьеб заводалда хӏалтӏизе бокьулеб гьечӏебилан абуна дагьаб цебегӏан РГВК «Дагестан» каналалда букӏараб дандчӏваялда республикаялъул дармилгун промышленносталъул рахъалъ министр Низами Халиловас.\n— Бищун гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо, республикаялда хӏалтӏи гьечӏого хутӏаразул къадарги гӏемер букӏаго, щай гьединаб ахӏвал-хӏал букӏине кколеб? Моцӏрол харжги нилъер гьениб батӏаго квешаб гьечӏо. Гьоркьохъеб къагӏидаялъ 45 азарго гъурущ щвезе рес буго, — илан абуна министрас.\nАмма министрасул рагӏабазда рекъон, моцӏрол харжалда бараб жо гьениб батӏаго гьечӏо. Хӏажат бугин щибаб махщелчилъиялъул бугеб къадру-къиматги, гӏадамазе, халкъалъе гьелъул бугеб мунпагӏалъиги школа лъугӏулел лъималазда бичӏчӏизабизеян абуна Н. Халиловас. Гьесда лъикӏаблъун бихьулеб буго гьелъие гӏоло цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалде ялъуни цогидал предприятиязде экскурсиял тӏоритӏани.\nГьелдаса хадубниги завод-фабриказда хӏалтӏизе гьезул хиял лъеялде хьулги буго гьесул."}
{"slug": "14609-rasulil-yubileyalde-orgkomitet-giutsiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14609-rasulil-yubileyalde-orgkomitet-giutsiana", "title": "Расулил юбилеялде оргкомитет гӏуцӏана", "date": "2021-10-29 10:31:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "2023 соналда Расул Хӏамзатовасул 100 сонил юбилей кӏодо гьабизе буго\nГьединаб указалда гъоркь гъулбасана гьал къоязда РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустиница.\nГьелда гъорлъ руго вице-премьер Татьяна Голиковаги, президент Владимир Путинил гӏакълучи Владимир Толстойги, нилъер республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги, РФялъул лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министрасул заместитель Григорий Гуровги, цифровизациялъулгун массовиял коммуникациязул рахъалъ министрасул заместитель Бэла Черкесоваги ва гьел гурел цогидалги.\nХӏамзатил Расулил 100 сонил юбилей тӏубараб улкаялъулго даражаялда кӏодо гьабизе тӏоцебе хӏукму гьабуна исана риидал Владимир Путиница. Гьелдаса хадуб гьесулгун Москваялда ккараб дандчӏваялда Сергей Меликовас Путинги ахӏана кӏиго соналдасан Дагъистаналда тӏоритӏизесел гьел тадбиразда гӏахьаллъизе."}
{"slug": "14610-fazu-gialieval-ul-yubilej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14610-fazu-gialieval-ul-yubilej", "title": "Фазу Гӏалиевалъул юбилей", "date": "2021-10-29 10:32:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏадеялъул Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон кӏодо гьабиялъул указалда гъулбасана Сергей Меликовас 26 октябралда.\nГӏезегӏан тадбирал тӏоритӏизе руго шагӏиралъул ватӏаналда — Гиничукьги, Хунзахъ тӏалъиялдаги, Махӏачхъалаялдаги.\nШагӏир гӏумруялдаса ятӏалъана 2016 соналъул 1 январалда\nГьединго 2022 соналда 90 сон тӏубала Хунзахъ районалъул Лъагӏилухъа шагӏир Гӏабасил Махӏамад гьавуралдасаги."}
{"slug": "14611-bagabi-rakhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14611-bagabi-rakhana", "title": "Багьаби рахана", "date": "2021-10-29 10:33:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда хиралъулел руго кванил цо-цо нигӏматазул багьаби\nГьезда гьоркьор рехсезе бегьула картошка, гречка гӏадал нигӏматал.\nМисалалъе, картошкадул цо кило гьабсагӏат Махӏачхъалаялда буго 50-55 гъурущ. Дагьаб учузго буго гьеб Буйнакскиялда. Аналитиказул прогнозазда рекъон, тӏасияб соналъул ихдаде жеги хиралъизе рес буго картошка. Исана республикаялда мукъсанаб гурони бачӏин бакӏаризе рес ккун гьечӏо гьелъул.\nГьединго цӏакъго багьа бахун буго, мисалалъе, гречкадулги. Махӏачхъалаялъул бищун кӏудияб дармил централда гьеб буго 77 гъурщиде (цо кг.). Оптовиял базаразда абуни, 110 гъурщиде рагӏула гьелъул кило. Дармил централда гьеб учузго чӏеялъе гӏиллалъун ккун буго цебеккунго гречкадул гьез лъикӏаб нахърател гьабун букӏин. Мисалалъе босани, бананалъул цо килоцин гречкаялдаса учузго бугин дандеккола аналитиказ. Гьедин базараздагун тукабазда 99 гъурщиде буго бананалъул кило."}
{"slug": "14612-giodore-richchan-chioleb-khial-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14612-giodore-richchan-chioleb-khial-gechio", "title": "Гӏодоре риччан чӏолеб хӏал гьечӏо", "date": "2021-10-29 10:34:52", "categories": ["vakcina"], "text": "Тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго коронавирусалъ унтиялъул хӏужаби. Гьедин бугониги, кинавго чи гуро кантӏулев вугев вакцина гьабизе кколеблъиялде. Амма, заманалъул тӏалабалги хӏисабалде росун, инсанас жиндирго махщелцин хӏалтӏизабулеб буго ковидалде данде къеркьеялъул мурадалда. Масала, нижер цо гьалмагъас махх регъезе бугеб махщалидаса пайдаги босун, гьабун буго бекерун унеб чода рекӏарав магӏаруласул, бецӏаб сардилъ жиндирго карандаса бахъун ракӏгун, гьебги борхун ккун, сверухъ ругезе канлъи кьурав М. Горькиясул герой Данколго гӏадин, ковидалъул унтиялде данде чӏвалеб рукӏкӏенги босун, гӏадамазухъе гӏедегӏун унев магӏарул рекӏарасул сипат (сураталда).\nГьев гӏедегӏулев вуго халкъалъухъе квешаб унтудаса инсан цӏунулеб вакцинаялъул хӏакъалъулъ хабар щвезабизе.\nХӏакъикъаталдаги заман щун буго, гӏодоре риччан чӏечӏого, нилъго нилъецаго цӏунизе, тохтурзабаз абуралъухъ гӏенеккун, нилъерго сахлъи щула гьабизе. «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазул 87 проценталъ вакцинация гьабуна. Гьабичӏого хутӏаралги, цо чи хутӏизегӏан, руго гьезул унтиялъе вакцина гьаби данде ккунгутӏиялдалъун тохтурзабаз жал эркен гьарурал. Гьединлъидал нижеца киналго ахӏула вакцина гьабизе. Щайгурелъул прививка гьабичӏес гьеб унти гӏадамазда гьоркьоб тӏибитӏизабизе ресал цӏикӏкӏун ругелъул.\nНижер мухбир"}
{"slug": "14615-bukiineselde-bilet", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14615-bukiineselde-bilet", "title": "Букӏинеселде билет", "date": "2021-10-29 10:41:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Россия – дир тарих» абураб тарихияб паркалда рагьана «Букӏинеселде билет» абураб мультимедияб выставка. Гьелда гӏахьаллъула Дагъистаналъул школазул 6-11 классаздаса лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан.\nНилъер тӏолабго улкаялда гӏумруялде бахъинабулеб буго «Лъай кьей» абураб миллияб проекталда рекъон хӏадурараб «Гӏолохъанал профессионалал» абураб регионалияб проект. Гьелъул аслияб мурад буго букӏинесеб махщел тӏаса бищиялъул рахъалъ гӏолилазе кумек гьаби.\nМультимедияб выставкаялда цӏалдохъабазе баянал кьола батӏи-батӏиял махщелазул хӏакъалъулъ. Гьелъие хӏалтӏизарула хӏаял-расандаби, мастер-классал ва квестал (приключениял гӏемераб расанди). Презентациязухъ балагьулаго ва тестазулал тӏадкъаял тӏуразарулаго, масала, лъималазе рес щолеб буго «Социалияб предпринимательство» абураб махщелалъе жал хӏадур ругищали лъазабизе."}
{"slug": "14616-rakhdal-matsiazul-tiugduzul-kvatsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14616-rakhdal-matsiazul-tiugduzul-kvatsii", "title": "Рахьдал мацӏазул тӏугьдузул квацӏи", "date": "2021-10-29 10:43:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Соцветие» абураб цӏаралда гъоркь Гъизилюрталъул №9 школалда тӏобитӏана Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къоялъул хӏурматалда гӏуцӏараб форум. Гьелда гӏахьаллъана Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъул (ДНИИП) вакилзабиги Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хӏалтӏухъабиги.\nФорумалда бицана рахьдал мацӏалги маданиятги цӏуниялъулгун церетӏезариялъул ва гӏолеб гӏелалъе гьезул кьучӏалда мугъчӏвалеб тарбия кьеялъул хӏакъалъулъ. ДНИИПалъул директорасул заместитель Низами Сапаргӏалиевас гьадинаб хитӏаб гьабуна форумалъул гӏахьалчагӏазде: «Мацӏ ккола миллиябгун маданияб рахъ цӏуниялъул аслияб шартӏ. Рачӏа нилъер умумузул гӏадат-гӏамалалъе ритӏухъаллъун рукӏине, рахьдал мацӏги маданиятги цӏунизе, нилъер кьалбаздаса чӏухӏизе кколеблъи лъималазда малъизе, тарихияб бечелъи рукӏинесел наслабазеги щолеллъун гьаризе», — ян.\nЦӏалана докладал, бихьизабуна Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул квацӏи загьирлъиледухъ гӏуцӏараб концерт ва гьелдаса хадуб тӏобитӏана «Миллияб маданият цӏуниялъулъ рахьдал мацӏалъул кӏвар» абураб тема гьоркьоб лъураб гургинаб стол."}
{"slug": "14619-bitsun-bozhichiel-bikhun-bozhize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14619-bitsun-bozhichiel-bikhun-bozhize-kkola", "title": "Бицун божичӏел, бихьун божизе ккола", "date": "2021-10-29 10:49:59", "categories": ["vakcina"], "text": "Пандемия байбихьаралдаса нахъе Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул къадар 55000 чиясдасаги цӏикӏкӏун буго. 26 октябралда республикаялда коронавирусалъ унтун вуго 154 чи, больницаялдаса рокъове виччан вуго 115-яв, больницаялда вегун вуго 1522 чи, хун вуго анлъгояв. Унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин хӏисабалдеги босун, 30 октябралдаса бахъараб анкьабилеб ноябралде щвезегӏан гӏодоркъоялги кьолел руго нилъее. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан гьел къоял хъизан-лъималазда аскӏоб, рокъоб тӏамуни. Нилъеца цӏодорлъи гьабуни, гъоркьиса букӏараб гӏадаб хӏалги, къойилго рагӏулел рукӏарал пашманал харбалги такрарлъиларин абураб хьулги буго. Коронавирусалъ сахлъи кӏвекӏараз бицуна гьеб унтул вахӏшилъиялъулги гьелдаса цӏуниялъулги къагӏидабазул хӏакъалъулъ. Масала, Унсоколо районалдаса ункъо лъимадул эбел Патӏиматица бицунеб буго коронавирусалдаса кин жий йорчӏараяли ва унтудаса хадуб гӏумруялъул къагӏида хисараб куцалъул хӏакъалъулъ.\nНилъго цӏунарал гӏоларо\n— Пандемия багъараралдаса нахъе цӏуна-къай гьабулаан дица, гӏадамал гӏемераб бакӏалдеги унароан. Амма кигӏан цӏакъ цӏунун чӏаниги, унтичӏого хутӏичӏо. Унтаралги холелги гӏемерлъараб май моцӏалъ ккана больницаялде. Дир хӏисабалда, къойил хӏалтӏуде хьвадулев росас бачӏанин ккола вирус рокъобе. Лъабго къоялъ 38 градусалде цӏа-канги бахун йикӏана. Хӏалцен букӏинчӏо, амма щокърониб цо жо къан бугин кколаан. Къулчӏунги унароан, тун къватӏибеги бачӏунароан. Хӏухьел цӏазе захӏмалъана. Лъабго сордо борчӏана хӏухьел цӏазе, кьижизе кӏоларого. Бетӏергьанчияс ячана гьуърузул сурат бахъизе. Росасул гьуърул рацӏцӏадго ратана, дирал жагъаллъун ругин абуна.\nБольницаялда егана 12 къоялъ. Гьениб, аппараталъул кумекалдалъун цӏалеб букӏана хӏухьел. Аппараталъ кьолеб бацӏцӏадаб гьаваялдаса хадуб, гӏадатияб гьава цӏазе захӏмалъулебги букӏана. Дица гьелъул хӏакъалъулъ бицен гьабидал, тохтуралъ абуна дурго чорхол хӏал дудаго лъалин, приборалъул бацӏцӏадаб гьаваялдаса хадуб гӏадатияб къагӏидаялда хӏухьел цӏазе захӏмалъулин. Хӏухьел цӏалелъул, хьалбал ва керен рукӏкӏназ бас-басизабулеб бугин кколаан. Сурат бахъарав тохтурасги дир гьуърузул ахадаса бащалъи жагъаллъун бугин абуна.\nДида аскӏор палатаялда ругелги аппараталдалъун хӏухьел цӏазе захӏмалъулеб бугин абун рукӏунаан. 49 сон барай, захӏматго унтарай гӏадан йикӏана аскӏой. Гьелдаса бахъизего бахъулароан ИВЛялъул аппарат.\nЦӏияб, хӏал лъалареб унти букӏиналъги батила доб заманалда цо чӏараб къагӏидаялъул дару гьабулаан унтаразе. Тохтурзабаз ва медицинаялъул цогидал хӏалтӏухъабаз цӏакъ тӏадчӏей гьабулаан щивав унтарасда. Кин букӏаниги, больницаялда гьабулеб дару дие данде ккечӏо. Антибиотикал гьарулелъул дица гьезда абулаан дир аллергия бугин, хӏалбихьи лъечӏого, воре, нужеца дие дару гьабугеян. Гьезги абулаан гьал дараби киназего дандекколел ругин. Цо къоялъ радал капельница лъедал аллергия бана. Къаркъала битӏахъе бухӏулеб букӏана. Холей йигин дунин абун, дунялалдасаго хьул къотӏун букӏана. 10 чиясда гьоркьоб гьеб капельница цохӏо дие дандеккун гьечӏо.\nХӏинкъиялъ чӏвала сахлъи\nБольницаялда егаралдаса нахъе, гьенир къойилго гӏадин холел рукӏана гӏадамал. Цогидаб палатаялъуса чи хванин рагӏанщинахъе, дирго ункъабго лъимадул сипат бачӏунаан цебе. Вай, дир Аллагь, дир яц гуро, вац гуро, эменги хвана, цохӏо хутӏарай эбелалде рехун хутӏугеги дир лъималин абун зигардулаан дун. Патӏимат, дуца гьедигӏанго ургъел гьабугеян, гӏицӏго дурго сахлъиялъул пикру гьабун йикӏаян абун телефоналдасан кӏалъан рачӏунаан гӏагарлъиги. Кигӏан хӏинкъаниги, Аллагьасда мугъчӏвай гьабун чӏолаан. Кигӏан захӏмат букӏаниги, какги течӏо.\nХӏинкъиялъги цӏакъго багъаризабуна унти. Хӏинкъизе бегьулебго букӏун гьечӏо.\nДида аскӏой йикӏана 64 сон барай гӏадан. Гьей больницаялдаса васас эхееги ячун, КТги гьабун ячӏана. 15-20 процент букӏана гьелъул. Гьей цӏакъ къвакӏарай гӏадан йикӏана ва хехго сахлъизеги сахлъана. Цогидай, ай 49 сон барай йикӏана захӏматго унтун. Жиндирго хроническиял унтаби рукӏана гьелъул. Аппараталдасан хӏухьел цӏалей йикӏунаан гьей. Хӏажатханаялде инецин рухӏги букӏинчӏо. Нижеца ккун ячунаан. Гьелъул букӏана хӏинкъи. Гӏадамалги холел рукӏиндал батилаха, ниж цӏакъ хӏинкъун рукӏана.\nДун больницаялда егун йигебгӏан заманалда 50-ялдаса цӏикӏкӏун сонал рарал чангоял хвана, цо гӏолохъанчиги хвана. 26 сон барав чи вукӏана гьев. Гьесул цӏа-кан гӏодобе ккезабизе кӏолеб букӏинчӏо. Гьуърулги гьорон хванин гьевилан бицана тохтурзабаз.\nБайбихьуда цо-цоял божулароан гьеб унтуда. Дун божулаан, цӏуна-къайги гьабулаан. Гӏадамал унтулелги холелги рихьулел ругеб мехалда божичӏого кин йикӏиней? Бетӏергьанчияс дида абулаан гӏадамазда гьоркьое гӏемер къватӏие яхъуней йикӏарайани, мун унтукьаги хӏинкъун йикӏинчӏейани, унтичӏого хутӏизеги бегьулаанин абун.\nРокъой йикӏиналъ иммунитет загӏиплъун букӏун батизеги бегьула. Бетӏергьанчиясдаги букӏаралъул коронавирус, амма гьев унтичӏо. Гӏицӏго кванил тӏагӏам лъалеб букӏинчӏин абула гьес.\nДун больницаялда егидал, дир хъизамалъеги карантин лъун букӏана. Рокъоса къватӏире риччалароан. Талихӏалъ, лъималазде бахинчӏо унти.\nКоронавирусалдаса хадуб\nГьале лъагӏелгун бащдалдасаги заман ана гьелдаса нахъе, дир черх жеги лъавуде бачӏинчӏо. Гӏумруялъго бидул тӏадецуй гӏодобе ккараб (90-70 яги 80-60) букӏунаан дир. Коронавирусалъ унтун хадуб гьеб 150-ялде бахине лъугьана, хехго свакала, загӏиплъула. Бидул тӏадецуй 120-ялде баханигицин, бетӏер багъаризабизе бажаруларо.\nКоронавирусалъ унтун хадуб бищунго захӏматаб жолъун батана рихха-хочиялъулаб хӏинкъи (паническая атака).\nЦогӏаги бакӏ унтани яги коронавирусалъ унтун чи хванин рагӏани, рекӏелъе хӏинкъи бачӏуна. Чанго моцӏалъ загӏипго букӏана къаркъала. Гьелдаса хадубги бидул тӏадецуялъ рахӏат течӏого чанго нухалда больницаялда егизаюна. Анкьида жаниб лъабцӏулгӏаги хехаб кумек ахӏизе ккараб заманги букӏана. Нечон холей йикӏунаан дун гьезул хӏалтӏухъабакьа. Гьале жакъа къоялда жанибгицин давлениялъул, рекӏел дараби гьекъолей йиго.\nТохтурзабаз абула цебе нилъер букӏараб гьитӏинабниги гӏузру къватӏибе кьолин коронавирусалъ унтун хадуб. Университеталда цӏалулеб мехалда квач хъван, дир гьуърузул бронхит лъугьун букӏана. Гьелдаса нахъе гьуърул унтунги рукӏинчӏо. Цо нухалда бетӏергьанчигун цадахъ авариялде ккун бетӏерги букӏана кьабун. Лъагӏалида жаниб цо-цо нухалда дару гьабулаан бетӏер унтидалги. Тӏокӏаб дир унтараб бакӏги букӏинчӏо. Гьанжейин абуни, ботӏрол унтиги къотӏуларо, киданиги унтунго букӏинчӏеб щитовидкаялъул унтиги загьирлъана. Гьелъие операция гьабизеги хӏинкъана.\n64 сон барай дир эбелалъ риидал коронавирусалде данде вакцина гьабуна. Гьейги гъоркьиса коронавирусалъ унтун йикӏана. Гьаюралдаса нахъего цояб ургьисала гьечӏо гьелъул. Цӏидасан коронавирусалъ унтани, гьеб хӏехьезего кӏвеларин хӏинкъи букӏана гьелъул. Прививкаялъул тӏоцебесеб компонент гьабулелъул дагьабго захӏмалъараб гӏадин йикӏана гьей. Кӏиабилеб нухалда бигьаго ана. Гьанже лъикӏ йиго эбел.\nДуцаги прививка щай гьабуларебин абун йикӏана эбел. Цоги нухалъ коронавирусалъ унтилин хӏинкъунги йиго дун. Вакцинациялъ гьеб унтудаса цӏунулел ратани, гьабунго лъикӏин абун ракӏалде ккола. Цогидаб рахъалъ абуни, гьеб гьабун хадуб цо-цоязда хӏехьезеги кӏвечӏого холел ругин абун харбалги рагӏун, хӏинкъунги чӏола.\nДица абилаан, унтун хадуб, хӏинкъи рекӏелъе биччагеян. Унти бахинаредухъги гӏемерал гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏун лъикӏ. Дица лъимал ругьун гьарун руго къватӏисан рачӏунаго ва кире щваниги кверал чуризе, школалдаги рацӏцӏалъи цӏунизе.\nЖакъаги коронавирусалда божуларелги чанги гӏадамал руго. Мадугьалихъ ругезгицин абула политика бугин гьеб, унтуда божугеян. Къойилго щвечӏониги, анкьида жаний цо-цо нухалдагӏаги щай мун мадугьалзабазухъе ячӏунарейин бадибчӏвайги гьабула гьез. Нуж унтудаса цӏуниялъе, нужецаги цӏодорлъи гьабиялъе гӏоло йикӏунин абула дица гьезда. Щивасда дандчӏвачӏого гьеб унтул кутак бичӏчӏуларо. Дидаго бихьараб бугелъул, лъималги дунгоги цӏунун, гӏемерал гӏадамал ругеб бакӏалде яхъунаро.\nКиназего сахлъи кьеги, гьаб унти Бетӏергьанас рикӏкӏад гьабеги.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "14620-berichab-tiabigiat-l-ikial-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14620-berichab-tiabigiat-l-ikial-giadamal", "title": "Беричаб тӏабигӏат, лъикӏал гӏадамал", "date": "2021-10-29 10:53:46", "categories": ["magiarukh"], "text": "Батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулаго, дун жаниве щвечӏеб къанагӏатабги магӏарул росу хутӏичӏо. Гьел руго цоязда цоял релълъинчӏел, жидерго хаслъи, магӏишат-яшав, къисмат, тарих бугел. Щибаб росдал ракьалда руго тӏабигӏаталъул хӏикматал бокӏнал, тӏабигӏиял ва тарихиял памятникал.\nАмма Алмахъ… Лъабго-ункъо соналъ цеве Ленинаулалдаса алмахъав, цевегосев гьудул Гӏалиасхӏаб Гӏумарасхӏабовас ахӏун, гьевгун цадахъ ниж ана Алмахъалде. Лъагӏалил бищун гьайбатаб мех, тӏогьолаб рии, балагьун ракӏ гӏорцӏулареб гӏажаибаб тӏабигӏат, рохьаз бахчараб сверухълъи, рахьхъахӏал лъарал, цӏорорал иццал – дун битӏахъе хӏайран гьавуна Алмахъалъул тӏабигӏаталъ. Гьенир дие «гидаллъун» рукӏана Гӏ. Гӏумарасхӏабов ва дагьав цеве къадаралде щварав мунагьал чураяв Топаев Хӏосен. Гьениса вуссиндал, «Хӏакъикъат» газеталда Алмахъалъул хӏакъалъулъ гьитӏинабго макъалаги хъван букӏана дица.\nИсана хаслихъе тарихчи Тимур Айтберовгун, Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовасул ва Динуч Динаевасул ахӏи къабул гьабун, сапар гьабуна Алмахъалде. Бакӏ ккун букӏаго абила, цогидаз мисал босизе мустахӏикъаб буго гьев кӏиясулго гӏагараб ракьалде бугеб рокьиги, росдал тарих цӏехезе, гьеб гӏолел наслабазе цӏунизе гьабулеб бугеб хӏаракатчилъиги.\nДоб роол гӏужалда гӏурччинаб партал ретӏун букӏараб Алмахъазул тӏабигӏат тӏубанго хисун батана хасалихълъиялъул меседил кьералде.\nДинучица ва гьевгун цадахъ нижеда дандчӏвай гьабурал «Нижер рукъ» гӏуцӏиялъул правлениялъул председатель Аюп Нуцалхановас, Алмахъ росдал бетӏер Мухӏидин Салаевас, краевед Мухӏамад Сираждиновас нижеда рихьизаруна тарихиял бакӏал – Кавказалъул рагъда шагьидлъарал гъазизабазул, шайихзабазул, гӏалимзабазул хобал, Шамилил гьобо. Бицана, Ахӏулгохӏдаса Шамил Алмахъалдасан Чачаналъе иналъул, Шамилица рещтӏен гьабураб гьобоялда «Шамилил гьобо» абун цӏар лъеялъул ва цогидалъул хӏакъалъулъ.\nЦӏакъго рекӏее асар гьабуна алмахъазул некӏсияб мажгиталъ. Гьелъул къадалъ лъураб ганчӏида бикӏун буго гьижрияб тарихалъул 132 сон, ай гьеб кколеб буго 750-абилеб сон. Хӏисаб гьабураб мехалъ, гьеб мажгит кколеб буго Дагъистаналъул ракьалда рарал тӏоцересезул цояб. Гьеб мажгиталда жаниб 1845 соналъул октябралда Имаматалъул Кӏиабилеб съездалде данделъарал вакилзабаз, Шамил имамас цевехъанлъи гьабун какал рараб бакӏалда къаде какалги ран, Динучица ва культураялъул рукъалъул директор Лейлаца росулъ хӏадурун батараб тепсиялъул тӏагӏамги кванан, ниж тӏадруссана.\nКватӏун букӏаниги, цоги нухалъ баркала кьезе бокьун буго Динучие, Хӏажимухӏамадие, Лейлае ва цогидалги нижгун дандчӏварал алмахъазе – гӏагараб ракьалъул патриотазе.\nТӏоцебесеб сапаралдаса хадуб рекӏее гьабураб асаралъул бицун дица хъван рукӏана цо-цо шигӏриял мухъалги:\nМагӏарулъиялъул улка-ракьалда букӏинчӏо дун щвечӏеб росуги бакӏги.\nРекӏелъ букӏаниги, ваккизе щвечӏеб, щаяли букӏана кӏочон тун Алмахъ.\nГьадинаб берцинаб ракь, бицун рагӏараб, гӏедегӏичӏев щай дун гьаниве щвезе:\nГӏурччинаб тӏансалъун Салатавия, сурат жавгьар гӏадаб Алмахъ бихьизе.\nРохьазул гьарзалъи, лъаразул чвахи, чундузул, хӏанчӏазул хӏайранал бакънал:\nХӏикмат гьавичӏого чи кин хутӏилев Тӏадегӏанас кьураб гьаб беричлъиялъ.\nМугӏрул тарихалда цӏар бугеб Алмахъ, арал гӏасрабазда некӏсияб шагьар.\nЩобазда, гохӏазда – сверухъ отарал, — абадиял нугӏзал – халатаб тарих.\nГӏелаз гӏелахъе кьун чан къисса бугеб, къокъарал веказул гьаниб цӏунараб.\nБиценал гӏемерал араб мехалъул авар тарихалда цӏар бугеб росдал.\nМагӏарухъе каву, лъаргӏибе нуцӏа, некӏсияб бодул нух Алмахъалдасан.\nАхӏиял, ругьелал, рагъал, къеркьеял — къисматалъ алмахъал кӏвекӏана гӏемер.\nДун пана гьавураб гьайбатаб бокӏон! Гьоболлъухъе чанги щвела нужехъе.\nНилъер умумуз ас борхатго ккурал, алмахъал, нужее даимаб рохел.\nПайзула Пайзулаев"}
{"slug": "14622-premergi-dovgo-mas-alabigi-g-olgo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14622-premergi-dovgo-mas-alabigi-g-olgo", "title": "Премьерги довго, масъалабиги гъолго", "date": "2021-10-29 11:02:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 октябралда тӏобитӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессия\nСессиялъул байбихьуда Халкъияб Собраниялъул депутатаз хӏукму гьабуна Сулейман Керимовасул мандат Малик Баглиевасе кьезе, хадур цо-цо бакӏазде мировой судияллъун Дагъистаналъул Верховный Судалъ рихьизарурал чагӏи гьенир тасдикъ гьаризе.\nМаскаби гьечӏолъиялъул бадибчӏвай\nРеспубликаялъул бетӏер Сергей Меликовас бадирчӏваял гьаруна Халкъияб Собраниялъул нухмалъиялъе гьез маскаби рачӏогойилан. Нуж ругила халкъалъе законал рахъулел чагӏи, гьанже телевидениялдасан гьаб сессия бихьидал, маскабиги рачӏел нужеда гӏадамаз щибин абизе бугеб, жидецаго гьабулареб жидеда гьабизабизе лъугьун ругин абилин.\nГьединлъидал Меликовас лъазабуна жинца Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасда тӏадкъазе бугин Халкъияб Собраниялда жаниб пост лъейин абун. Гьелъул хӏасилалда маска хечӏев депутат сессиялде виччазеги гьечӏин. Сергей Меликовас абуна сессия гьаб хабаралдалъун байбихьи мурадги букӏинчӏин. Гьелъие аслияб гӏилла букӏана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул хъулухъалде Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов вихьизави. Амма гьелъул хӏакъалъулъ бициналде Меликовас тӏадчӏей гьабуна чара гьечӏого тӏуразе кколел ракьул суалазда. Гьедин гьев хъулухъалде вачӏун тӏоцересел къояздаго байбихьун букӏана ракьазул инвентаризация гьабизе. Федералияб шагьранух ккун унелъул, цере рехун рихьулин тӏири пайдаги босичӏого, гӏуру къазе тарал яги заз-хъарахъалъ рацарал ракьалин бицана С. Меликовас. Гьединго гьабсагӏаталда хъутабазул ракьаздаги хъвазе гьечӏин абуна гьес, щайин абуни гӏемер чиясда хъатӏулеб суал кколила гьеб. Гьесул пикруялда рекъон, ракьул суалал цойиде ккунгутӏиялъ рачӏунел гьечӏо нилъехъе цо-цо мехалда инвесторалги. Гьелда бан рагӏалде рахъунел гьечӏо инфраструктура гӏуцӏиялъул суалалги. Гьединлъидал киналго рахъалги хӏисабалде росун хӏалтӏизе ругин бицана республикаялъул бетӏерас.\nГӏамирханов сабаблъун\nГӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасда гьеб хъулухъ тӏадкъан букӏана лъагӏалица цебе. Меликовасул пикруялда, гӏезегӏан захӏматаб сон букӏана гьеб. Гӏамирхановас хӏаракат бахъана хӏукуматалъул хӏалтӏи мухъде бачине, цӏиял проектазда тӏад ургъизе. Гьес рихьизарурал хӏасилазда рази вугоан Меликов. Амма социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетӏеялъулъ абизегӏанасеб туркӏи ккечӏинги тӏаде жубана С. Меликовас. Гьелъие рукӏанила хасал гӏиллабиги. Масала, 2021 соналъе гӏуцӏараб бюджет кколароанила Гӏамирхановас къабул гьабураб. Меликовасул рагӏабазда рекъон, Гӏамирхановги гьесда сверухъ ругел чагӏиги сабаблъун федералияб централъухъа Дагъистаналъе щун буго 10,5 млрд гъурщил къадаралда инфраструктурияб кредит. Гьеб харж гьабизе буго «Чӏикӏаб-МахӏачхъалаКаспийск» абун, Избербашалде щвезегӏангицин лъел рогӏоро бачине. Гьединго Гӏ. Гӏамирхановас нухмалъи гьабураб хӏукуматалъ хӏаракат бахъун буго Махӏачхъалаялдагун Каспийскиялда коллектор базе. Ралъдал рагӏалда ругел шагьараздаса чороклъи ралъдалъе чвахулеб букӏиналда бан ахӏи буго экологазул. Гӏамирхановас нухмалъи гьабураб хӏукуматалъул ишазда хурхун гӏезегӏан мисалал рачана Меликовас: цӏолбохъанлъиялъулгун гьан гӏезабиялъул рахъалъ республика улкаялдаго цебесеб кьерда букӏин; салуде сверулел ругел Нугъай районалъул ракьал сах гьариялде федералияб централъул кӏвар буссинаби; школалгун больницаби раялъул иш цебе бачин; тӏабигӏиял балагьал ккарал бакӏал рукӏалиде рачиналъе квербакъи гьаби. Палхӏасил, Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов ДРялъул хӏукуматалъул председательлъун вищиялъул рахъккуна киналго депутатаз. Гьелъухъ баркалаги кьун, Гӏамирхановас бицана социалиябгун экономикияб рахъалъ церетӏеялъе Дагъистаналъул ругел ресазул. Амма нилъ цогидал регионаздаса гӏемерго нахъе ккун ругин тӏадеги жубана гьес. Гӏ. Гӏамирхановас бичӏчӏизабуна хӏалтӏизе ругин, дагъистаниязул гӏумру кагътида гуребги, хӏакъикъаталдаги лъикӏлъизабиялъе гӏоло.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "14623-khasalida-dandchivaj-gabize-khiadur-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14623-khasalida-dandchivaj-gabize-khiadur-rugo", "title": "Хасалида дандчӏвай гьабизе хӏадур руго", "date": "2021-10-29 11:05:59", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 октябралда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана хасалиде республика хӏадур букӏиналъул хӏакъалъулъ.\n— Киналго рукъазабахъе хинлъи кьунин абураб баян бачӏаниги, гьелда хъвараб къагӏидаялъ батулеб гьечӏо. Чанги бакӏазда гӏунгутӏаби тӏатунел руго, — ян абуна С. Меликовас данделъи рагьулаго.\n– Мисалалъе, гъоркьисаго гӏадин исанаги рагӏалде бахъинабун гьечӏо ДагъОгни шагьаралда гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи. Амма шагьаралъул нухмалъулев Жалалудин Гӏалирзаевас\nжаваб кьун букӏана шагьар хасалиде хӏадурго бугин.\nГьединго шагьаралде газ бачине кколеб букӏараб идараялъулгун къотӏи-къаял гьаричӏолъиялда бан, гӏалагъважаялда рагӏула иш Избербашалдаги. Гьениб гӏадамаз гӏумру гьабулел рукъзал хутӏун руго хинлъиги бухӏараб лъимги гьечӏого. Гьебго хӏал рагӏула социалиял объектаздаги. Коммуналияб магӏишат хасалиде хӏадур гьабиялъул мурадалда, 141 миллион гъурущ биччан буго республикаялъул бюджеталдасан. С. Меликовас бицаралда рекъон, исана тӏоцебесеб нухалда биччан буго гьебгощинаб гӏарацги. Гьеб гӏарцуде коммуналиял хъулухъал тӏураялъе хӏажатаб 500 техникаги босанин ва гьеб районазда гьоркьоб бикьанин бицана республикаялъул бетӏерас. — ДагъОгни шагьаралда гӏадамазул минабахъе хинлъи къотӏизабиялъе гӏилла ккана бухӏараб лъим кьолел чӏахӏиял къалал басралъун рукӏин, — ан абуна хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас.\n— Церего нахъе яризаризе кколел гьел, жеги хӏалтӏизарулел ратиялъ ккана гьеб кинабго гӏала-гъважа.\nДанделъиялда, гьединго, бицана токалъул мухъазул бугеб хӏалалъулги хӏакъалъулъ. «Россети Северный Кавказ» – «Дагэнерго» ПАОялъул цадахъаб программаялда рекъон, токалъул мухъал, подстанциял къачӏазе байбихьун руго. Мисалалъе, Махӏачхъалаялда чанго подстанцияги, цӏикӏкӏараб хӏалуциналъул токалъул кваралги хисун руго. Ноябралъул авалалде киналго хӏалтӏаби лъугӏизаризе ккола. Данделъиялъул хӏасил гьабулаго, Меликовас лъазабуна 7 ноябралдехун киналго минабахъ хинлъи букӏине кколин."}
{"slug": "14626-isanagi-kh-vana-diktant", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14626-isanagi-kh-vana-diktant", "title": "Исанаги хъвана диктант", "date": "2021-10-29 11:18:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Щибаб соналъул 21 октябралда кӏодо гьабула Дагъистаналъул мацӏазул ва маданияталъул къо. Гьелда хурхун тӏоритӏула батӏи-батӏиял тадбирал, дандеруссинал. Лъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго, щибаб соналъ, гьеб байрамалда хурхун Дагъистаналъул мацӏазда гӏаммаб диктант хъвазе данделъиги. Исанаги хъвана диктант гӏемерисел школазда ва цӏалул идарабазда. Ас- лияб диктант хъвалел бакӏаллъун рукӏана ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультет ва ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистаналъулгун гӏурус отделение.\nДиктант тӏобитӏиялъул ва хъваялъул мурад ккола рахьдал мацӏалъул лъай борцин ва рахьдал мацӏ лъаялъул бугеб кӏвар бичӏчӏизаби. Исана диктант хъваялъе текст бо- сун букӏана Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» асаралдаса.\n— Исанаги диктант хъвай ана тӏадегӏанаб даражаялда, хӏатта бакӏ гӏечӏого, кӏиго аудиториялде рикьизе ккана. Авар мацӏалда хъвалеб диктанталда гӏахьаллъи гьабуна 50-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс. Гьезда гьоркьор рукӏана ДГУялъул батӏи-батӏиял факультетаздаса, РПАялдаса, ДГУНХялдаса студентал ва преподавателал. Исана диктанталъул гӏахьалчагӏаз рихьи- заруна лъикӏал хӏасилал: бащдазда- саги цӏикӏкӏун гӏахьалчагӏаз лъикӏаб къиматалда хъвана хӏалтӏаби, — ян бицана ДГУялъул Дагъистаналъул мацӏазул факультеталъул доцент Раисат Магьдиловалъ.\nДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталдаги, санайилго гӏадин, исанаги рахьдал мацӏалда диктант хъвазе рачӏана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимов, батӏи-батӏиял идарабаздаса вакилзаби, мугӏалимзаби ва студентал. Диктант цӏалана ДГПУялъул Дагъистанлъул мацӏазул доцент, гӏалимчи Мухӏамад Нурмухӏамадовас.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "14627-avar-teatral-nutsibi-ragana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14627-avar-teatral-nutsibi-ragana", "title": "Авар театралъ нуцӏби рагьана", "date": "2021-10-29 11:21:37", "categories": ["lit"], "text": "20 октябралда Авар театралда рагьана иргадулаб 87-абилеб театралияб сезон. Гьеб тадбир театралъул хӏалтӏухъабаз байбихьана, жиндир цӏар театралъе кьурав, Цӏадаса Хӏамзатил памятникалда цере тӏугьдул лъеялдаса.\nКъасиялдехун театралъухъ урхъарал магӏарулазги, хӏатта батӏиял миллаталъул театразул вакилзабазги цӏуна театралъул зал. Гьенире рачӏаразда гьоркьор рукӏана батӏибатӏиял идарабазул нухмалъулел, шагӏирзаби, гӏалимзаби, журналистал, кочӏохъаби ва цогидалги.\nБалагьизе рачӏаразда театралъул актераз бихьизабуна, театралъул художественияв нухмалъулев ва бетӏерав режиссер, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас Шапигӏ Казиевасул «Умумузул чи» асарги кьочӏое босун сценаялда лъураб спектакль.\nГьеб байбихьилалде кӏалъазе рахъана театралъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Бисавгӏалиев ва Мухӏамадгӏарип Сурхатилов. Гьез, киназдаго цӏияб сезон рагьиги баркун, бицана церечӏарал масъалабазул ва исана гьабизе бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nЦинги байбихьана спектакль. Иш лъугьунеб букӏана магӏарул росулъ. Чӏужӏу ячине хӏадурлъулев вукӏуна гӏолохъанав Хӏамзат. Гьес жиндирго бахӏаралъе рагӏи кьола, рукъ гуреб, борхатаб си базе бугин.\nРукъ базехъин бугеб бакӏалда гьесда батула кӏудияб гамачӏ. Ганчӏил кьватӏелалде жанибе хӏосги ккезабун, гьеб бикьизабизе лъугьиндал, гьесда гьениб цо гӏажаибаб гвенд батула. Гьеб бихьарай Хадижат-кӏодо ахӏдола гьениб хоб бугин.\nЦинги тӏаде щола росдал бегавулги милиционерги ва байбихьула цӏех-рех. Гьенире ракӏарула росдал гӏадамал, ва щивас чӏезабулеб букӏана жидер умумузул чи вукъун вугин гьенивилан. Щивасул умумулги машгьурал чагӏи рукӏана, гьез бицухъе.\nСпектакль ахиралде щолаго ганчӏида бугеб кьватӏел дагьабги кӏодолъула. Цо заманалдасан, кӏудияб ахӏи-хӏур бахъуна ва къватӏибе бачӏуна Зулкъарнайилан цӏар ахӏун росулъ машгьурлъараб, кӏудиял лълъурдул ругеб дагӏнил гвангвара.\nСпектакль букӏана гӏезегӏан халатаб. Амма гьеб чӏамучӏаб букӏанин абизе бегьуларо. Чӏамучӏаб букӏарабани, антракт лъугӏун хадуб гӏемерисел нахъе инаанин ккола дида. Гьеб чӏаго гьабуна кечӏбакъаналъги кьурди-хъаталъги.\nАмма рукӏана жидеда спектаклялъул аслияб пикруги мурадги бичӏчӏичӏин абулелги. Гьелда тӏасан М. Бисавгӏалиевас ва М. Сурхатиловас жидерго пикрабиги загьир гьаруна.\nМухӏамад Бисавгӏалиев:\n— Дир пикруялда, гьелъул гӏунгутӏи букӏана гьадинаб: гьениб нилъер халкъалда бичӏчӏулеб махсара-хочӏ букӏинчӏо. Махсараялъул къагӏида дагьаб данде кколареб букӏана. Доба букӏана гӏурусазде гьетӏараб махсара. Жибго асаралъул аслияб пикру кутакалда лъикӏаб, кӏвар бугеб буго. Щивасе бокьун буго щивали лъаларев, амма хабалъ вукъарав жидер умумузул чи вукӏанинги абун, жидеего цӏар балагьизе. Гӏемерал чагӏаз гьикъулеб букӏана нилъер умумул дугӏнул рукӏанин абулеб жойищин гьебилан абун. Жидер умумузул чи миллияв багьадур вукӏанин абун чӏезабулел рукӏарал гӏадамазда, ахиралдаги гьениб батана дагӏнил гвангвара. Авторас бичӏчӏизабулеб буго, умумул гурила байрахъаллъун кквезе кколел, дурго букӏине кколила лъайги бажариги.\nРежиссерас спектакль лъураб къагӏидаги, гьеб чӏаго гьабизе хӏалтӏизарурал батӏи-батӏиял эффекталги кутакалда махщалида гьарун руго. Актеразги ролал цӏакъ лъикӏ хӏана.\nМухӏамадгӏарип Сурхатилов:\n— 80-90-абилел соназда гӏадатлъун лъугьун букӏана цо-цо чагӏаз машгьурал умумулги ралагьун, жидеего цӏар балагьи. Шапигӏ Казиевас пьесаялда квеш букӏунареб, кополаб, сатирияб хӏалалъ гьеб мекъи букӏин бихьизабулеб буго. Гьес, гӏадамазулъ бергьун кӏудияб фантазияги хӏалтӏизабун, дунялалдаго машгьурал чагӏи рихьизарулел руго гьезул умумуллъун. Авторас абулеб буго, умумул ургъун рахъугейила, машгьурал умумул рукӏарал ратанигицин, хварал гьезда мугъчӏвайги гьабун вукӏинчӏого, дурго гьаб дунялалда бугеб кӏварги, махщелги, бажариги бихьизабеян. Киназулго рукӏуна умумулги тарихги, ургъун бахъизе кколаро щибго. Гьеб буго гъваридаб, гӏицӏго релъун течӏого, авалалдаса ахиралде щвезегӏан кӏвар кьун гӏенеккизе кколеб спектакль. Гурони, гьелъул магӏна бичӏчӏуларо.\nАхиралда театралъул нухмалъулес ва бетӏерав режиссерас бицана исанасеб сезоналда гӏезегӏан цӏиял спектаклял лъезе ракӏалда бугин. Гьезда гьоркьор рукӏине ругин магӏарул, гӏурус ва цогидалги улкабазул хъвадарухъабазул асарал."}
{"slug": "14629-gitiinav-paluganasul-kiudiyab-vatian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14629-gitiinav-paluganasul-kiudiyab-vatian", "title": "Гьитӏинав «Палугьанасул» кӏудияб «Ватӏан»", "date": "2021-10-29 11:26:39", "categories": ["lit"], "text": "ДОСЬЕ:\nГӏали Мухӏамадгӏалиев гьавуна 1961 соналда Гумбет районалъул Лъаратӏа росулъ. Кватӏичӏого гьесул хъизан гочана Махӏачхъалаялде. Цӏалана тахшагьаралъул №38 школалда. Хадув цӏалана Махӏачхъалаялъул культпросвет училищеялда. Хӏалтӏана «Лезгинка» ансамблялда. Хъулухъ гьабуна Армиялда. Лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет.\nКиса-кибего Гӏалил божараб ва ракӏрагьараб гьалмагълъун букӏана Кьурди. Гьаниб гьеб рагӏи кӏудияб хӏарпалдасан хъваниги бегьила – гьеб букӏана, буго ва хутӏизеги буго гьесие гӏумруялъул магӏналъунги. Гьеб ккола гьабсагӏаталдаги гьесул къисматалъул кӏиабилеб хӏухьеллъун.\nГӏали Мухӏамадгӏалиевас нухмалъи гьабулеб «Ватӏан» гӏолилазулгун лъималазул ансамбль машгьураб буго дунялалъул гӏемерал улкабазда. Гӏемерал соназ Гӏали Мухӏамадгӏалиев хӏалтӏана Хьаргаби районалда. Районалъул искусствабазул школалъе кьун буго гьесул цӏар.\nГьев ккола Дагъистан ва Чачан Республикабазул халкъияв артист, РФялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи.\nЦояб къададасан валагьарав имам Шамилги, гьесда дандритӏун рарал Расул Хӏамзатовасулгун дида лъаларев чиясул сураталги, рамкабазда жанир лъурал грамотабазгун баркалаялъул кагътаз бацараб цогидаб къедги, шкафалда жанир лъурал гӏемерал кубокалги, къватӏисел улкабаздаса рачӏарал сувениралги, кьурдухъабазул сураталги. Гьеб киналдаго гьоркьов гӏодов чӏарав Гӏалиги. Гьедин цебечӏезабизе бегьула дунялалдаго машгьураб «Ватӏан» ансамблялъул директорасул гьитӏинабго кабинет.\nНижер гара-чӏвари гьоркьоб къотӏизабулеб букӏана Гӏалида 60 сонил юбилей баркизеги, хӏалтӏул ишалъ щиб-щибниги гьикъизеги зама-заманалдасан жанире раккулел, тӏокӏалъ чӏечӏого гьесул кабинеталъул нуцӏа цӏацӏалел чагӏаз.\nБайбихьудасаго нижедаги бичӏчӏана щибаб жоялъе гьес заман цӏан букӏунеблъи, гьединлъидал нижер гара-чӏвариги репетициялда гьоркьоб хӏухьбахъизе кьураб заманалда жаниб лъугӏизабизе кколеблъи.\nДов Расулида цадахъ къададасан балагьарав чиги ДАССРалъул халкъияв артист Казим Манафов вукӏин лъана хадуб. Щуго сон барав Гӏали Махӏачхъалаялъул Пионеразул рокъов 10 соналъ гьес куцан вуго кьурдизе.\nМикьго сон барав Гӏали Дагъистаналдаса делегациялда цадахъ гӏахьаллъана 1969 соналда Москваялда тӏобитӏараб литератураялъулгун искусствоялъул фестивалалда. Гьелдаса хадуб «Палугьан» абураб фильмалда гьес хӏана гьитӏинав палугьанасул рольги.\nАнкьабилеб классалда цӏалулеб мехалда ахӏулев вукӏун вуго Гӏали школазда, политехникияб институталда кьурдаби лъезе. Гьелъие киналгӏаги шартӏал рукӏинчӏолъиялъ, тӏагърал, рачалаби, хунжрул, картоналда тӏад сураталги рахъун гьарулаанин ракӏалде щвезабула гьанже гьес. Гьедин лъолел рукӏун руго узбеказул, латишазул, гуржиязул ва цогидазул кьурдаби.\nХадуб Махӏачхъалаялда культпросветучилищеги лъугӏизабун, Гӏали ана армиялде. Гьенивги гьев кьурдулаан Северияб Кавказалъул рагъулаб округалда гъорлъе унеб Краснознаменный ансамблялда.\nГьединго Танхо Израиловасул гьариялда рекъон, цо заманалда «Лезгинкаялдаги» хӏалтӏулев вукӏана Гӏали.\nДидаго гӏадин, гӏемерисездаги ккола гьев Хьаргабисаян. Амма Гӏали вуго Гумбет районалъул Лъаратӏа росулъа. Хьаргабиве гьев искусствоялъул школа гӏуцӏизе ахӏун вуго гьеб районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулев Мухӏамадзагьир Мухӏамадовас.\nГьелдаса хадуб, Махӏачхъалаялде тӏад вуссиндал, «Ватӏан» ансамблялъе кьучӏ лъуна Гӏалица.\n— Хьаргаби хӏалтӏулеб мехалда байбихьана нижеца концерталги росун тӏубараб Дагъистан сверизе. Гьединго республикаялъул филармониялда цере рахъана ниж сагӏатгун бащдалъ халатбахъараб концертгун. Иосиф Матаевгун цадахъ тӏолабго «Лезгинка» ансамбльги бачӏун букӏана нижехъ балагьизе. Гъоб мехалда гъоз кьурдуларел Кавказалъул халкъазул кьурдаби рихьизаруна нижер лъималаз. Гьеб мехалда Иосиф Матаевги вукӏана виххун хутӏун, бихьуларищинха доба магӏарухъ, гьедигӏан шартӏалги гьечӏеб бакӏалда гьел куцан ругеб куцилан.\nГьелдаса хадув дун Махӏачхъалаялде ахӏана учитель Казим Манафовас – жинца гьаб «Мой Дагестан» (ДГУялъул ансамбль – авт.) духъе кьолеб бугин абуна гьес. Доб мехалда Махӏачхъалаялъул Пионеразул рукъалъул директорлъун йикӏарай Людмила Путербротги чӏана жидееги къваригӏун вугин мунилан. Гьедин байбихьана кӏиябго ансамблялъул хӏалтӏи цадахъ бачине. Пионеразул рукъалда цебе гӏуцӏана цӏияб ансамбль, гьелъие «Ватӏан» абураб цӏарги Людмила Путербротица кьуна. Амма хадуб Расул Хӏамзатов вукӏана дида гьеб магӏарул рагӏи гурилан.\nПалхӏасил, гьеб «Ватӏаналъ» къватӏире риччарал лъималазул тӏоцебесеб кьер цӏализе-хӏалтӏизе добе-гьанибе инчӏого букӏинелъун, «Имамат» абураб концерналъул квербакъиялдалъун нижеца гӏуцӏана «Имамат» абураб ансамбльги. Профессионалиял кьурдухъаби рукӏана гьенир. Амма чанго соналдасан биххана гьеб. Хадуб мунагьал чураяв Хӏажи Махӏачевасул кумекалдалъун гӏуцӏана «Кавказ» абураб ансамбль. Кватӏичӏого гьелъулги гьадабго къисмат ккана. Хутӏана цохӏо «Ватӏан». Гьеб буго «Лезгинкаялъеги» гьелда релълъарал машгьурал цогидал ансамблязеги кьурдухъаби гӏезарулеб бакӏлъун. Дица ругьун гьарурал лъимал хадурккун халкъиял артисталлъун рахъана. Масала, гьезул цояв гьабсагӏаталда Америкаялда вуго. «Лезгинкаялда» солисталлъунги руго гьел.\nГьединго музыкаялдагун хореографазда хадур къватӏиреги унаро ниж, гьелги нижерго рукӏуна.\n— Гӏали, цо-цо кьурдухъабаз бицуна къватӏиса улкабазде индал, батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, жидеца программа хисизабизе кколила. Масала, паркет ккураб чӏабар хвелилан хӏинкъун, цоязе гьукъун бугоан хунжрул гӏодор речӏчӏулеб кьурди бихьизабизе.\n— Нижерги ккана гьелдаго релълъараб жо. Гьединлъидал гьеб кьурди программаялда гьоркьоса нахъе бахъана. Амма, гьеб хисун, дицаго цогидаб кьурди бихьизабуна сценаялда, гьенибго ургъун.\nЦогидаб нухалдаги гьебго хунжрузул кьурди бихьизабулел рукӏана ниж Тринидад ва Тобаго абураб пачалихъалда (Венесуэлаялдаса рикӏкӏад гьечӏеб бакӏ – авт.). Англиялде арал чагӏиха ниж гьениреги щун рукӏарал. Чӏабар цӏакъго цӏвакарабищ букӏарабали, гьелда рекӏунги чӏечӏого, нахъе кӏанцӏун рачӏунел рукӏана дица цабзазги ккун, нахъехун рехулел хунжрул. Цинги сценаялда нахъасан дие ракӏ-макӏ гьабулел, воре, мун къуркьугейин, диде ахӏдезе лъугьана сапаралъ цадахъ рукӏарал Хӏажи Гӏабашиловги Залимхан Хангереевги. Лъабабизеги хунжрул рехизехъин вукӏарав дица махсара гьабуна залалъе, гьалейин, гьанже дица диего харакири (чохьолъ ханжар къазаби) гьабизехъин бугилан. Воре-вореян, жидерго мацӏалъ цо жал ахӏизе, кверал хьвагӏизе гӏадамалги лъугьана. Талихӏалъ, лъабабилеб нухалда къан чӏана чӏарбида хунжрул. Гьеб мехалда рохана, хъатал чӏвазе байбихьана гӏадамаз.\nХадур щвана Санта-Лусиялде (Аргентина). Хунжрузул кьурди байбихьизехъин вукӏаго, «Ноу, ноу!» абун ахӏдезе жуяна цо гӏадан. Гьедин батани, телилан, чӏана дунги. Гьелъул бакӏалда цойги кьурдиги бихьизабуна.\nБатӏи-батӏияб бакӏалда батӏа-батӏайисан бичӏчӏула нилъер культура, цо-цо бакӏалда бичӏчӏизего бичӏчӏуларо. Масала, Тринидад ва Тобагоялда гӏадамал, хъаталги чӏвачӏого, руцӏцӏухӏун чӏана ниж кьурдун рахъиндал.\nСанта-Лусиялда абуни залалда рукӏарал лъимал рекӏедаса ун релъанхъизе журана нижер ансамбль кьурдун бахъинегӏан. Щиб лъугьа-бахъунеб бугебали бичӏчӏичӏогоха гьезда. Лъималазе кьолеб концерт букӏана гьеб. Цо заманалда нижер кьурдухъан вачӏунев вуго дида аскӏове, гъол щай релъулел ругелали гьикъизе. Валлагь, нужги рачӏун рохун рукӏинарищха гьелин, махсара гьабуна дицаги.\n— Гьанже кьурдизе рачӏунел лъимал дагьлъунищ ругел яги гӏемерлъунищ?\n— Дагьлъун руго. Пандемиялда бараб жоги батила гьеб. Цебе 600-ниги лъимер букӏунаан гьаниб. Гьанже 400 батила. Ругьун гьарула анлъго сон баралдаса 16 сон базегӏан. Хадур гьел уна ясли-ахазда, школазда ругел лъимал куцазе (жидеего гӏарац гьабизе). Бокьарал чагӏи культпросветучилищеялде, культураялъул факультеталде цӏализеги уна.\nЛъималазул цо къадар спорталде руссунги ругоха (ММА, каратэ). Гьелъги дагьлъун руго кьурдизе рачӏунел. Амма цӏакъго зарал бугеб жо гуроха гьаб – кьурдабазде хьвади. Кьурдизе лъаялда цадахъго гӏадлуги бугелъул гьаниб. Черхги лъадарула.\n— Гьанже диниял гӏолохъаби гӏемерлъулел руго. Гьединлъидал кьурдизе диналъ гьукъараб бугин абулел чагӏиги рукӏунел ратила?\n— Рукӏинарищха. Цо чанго соналъ цере хӏежалда рукӏана ниж. Махӏачхъалаялда, Малыгинил къотӏноб бугеб мажгиталда имамлъун вукӏарав Идрис-хӏажида гьениб цояс гьикъана кечӏ ахӏизе бегьулищан. Аскӏов чӏун Маданиги (Ибрагьимов – авт.) вукӏана. Гьеб мехалда Идрис-хӏажица абуна бегьуларила, чан нухалъила жинца Маданидаги абураб кечӏ ахӏизе бегьуларин. Цинги Маданица жаваб кьуна Аллагьас кьураб гьунаралда щибдилаха жинца гьабилебин абун. Дица тӏаде жубана Аллагьги, Аварагги, имамзабиги ракӏалде щвезарун ахӏулеб бугони, щай гьеб ахӏизе бегьуларебилан. Дихъ балагьунги чӏун, Идрис-хӏажица щибго абичӏо гьелда данде.\nХадуб аскӏов вукӏарав цогидас цӏидасан гьикъана Идрис-хӏажида кьурдизе бегьулищин. Кутакалда бегьулилан абуна гьес, салуда тӏад зарги кьабун.\nГьадинаб магӏна буго кьурдизе бегьиялъул. Чи кьурдизе бегьула ясгун, яцгун, эбелгун, лъадигун. Гьелгун кьурдулеб мехалда гӏадинаб хӏурматияб бербалагьи букӏине ккола чияр чӏужугун кьурдулев вугониги. Гурони, гьелдехун кинабгӏаги цӏекӏлъи загьир гьабизе бегьуларо. Гьединлъидал дие бокьуларо дида лъаларей яс дидаго данде яхъине. Нагагь яхъаниги, дица гьей цеечӏезаюла чӏужугӏадан гӏадин гурей, бакъ-моцӏ гӏадин. Гьединго васасулгун ясалъул кьурдул магӏнаги ккола хӏакъикъаталда цӏумазул роржен бихьизабилъун. Нужеца халккве цо гьаваялда гьез гьабулеб рорженалъухъ.\nГьединго ракӏалде щвезабе нилъер умумул кьурдулел рукӏараб куц, гьез цоцада гьоркьоб толеб букӏараб кӏудияб манзил.\nМунагьал чураяв Жамалудин Муслимов абун вукӏана дир учитель, тумазул Чукна росулъа хореограф. Гьев чияс, магӏарухъеги хьвадун, цо-цоккун ралагьана, нилъее нахъе цӏунун тана щибаб росдал, халкъалъул кьурдаби. Амма гьесул хӏакъалъулъ гӏемер бицунеб рагӏуларо. Махӏмуд Эсенбаевасгицин абун букӏана гьев чи жиндир мугӏалим кколилан.\nДун Хьаргаби хӏалтӏулеб мехалда гьениб лъабго моцӏ бана Жамалудиница. Дица консультантлъун вачун вукӏана гьев гьениве. Гьеб мехалда дица лъуна Кубачиязул кьурдиги тумазул «Чаргъу-Даргъуги». Гьелъухъ балагьун хадуб, магӏу кӏанцӏана Жамалудинил бадиса, гьедигӏан лъикӏ гьеб лъезе духъа бажарилин ккун букӏинчӏинги абун.\nГьебго жо Москваялда гуржиязги абуна нижеда – гӏачӏарули (аджаразул) кьурди бихьидал, кутакаб цӏар-рецц гьабуна гьез, унго-унгоял гуржиял гӏадин кьурдулел ругилан.\nГьединлъидал щибаб халкъалъул кьурдуе къимат гьеб халкъалъул вакилзабаз кьураб лъикӏаб букӏуна.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ."}
{"slug": "14630-magiarul-igitasul-kurdi-gabize-l-alishch-nuzheda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14630-magiarul-igitasul-kurdi-gabize-l-alishch-nuzheda", "title": "«Магӏарул игитасул» кьурди гьабизе лъалищ нужеда?", "date": "2021-10-29 11:37:48", "categories": ["lit"], "text": "Махӏачхъалаялда буго «Ватӏан» абураб кьурдухъабазул фольклорияб ансамбль. Нужер гӏемерисезда рагӏунги телевизоралдасан рихьунги ратила гьенир кьурдулел гӏисинал васалгун ясал. Гьеб ансамблялъе нухмалъи гьабулеб буго Гӏали Мухӏамадгӏалиевас. Исана гьес бана 60 сон. 1988 соналда Гӏалица гӏуцӏараб кьурдухъабазул ансамблялъ исана тӏубала 33 сон. Араб анкьалда гьезухъе гьоболлъухъ щвана ниж.\nМахӏачхъалаялда, Ярагъиясул цӏаралда бугеб къотӏноб буго «Ватӏан» ансамблялъул мина. Къаси сагӏат анкьгоялде бащдаб хӏалтӏидал щвана ниж гьенире. Жанире щун рахъиналде, гьимулаго данде вачӏана Гӏали. «Нуж рачӏинегӏан байбихьичӏого тун бугин репетиция, хехго жанире», — янги абун, гьеб тӏобитӏулеб рокъоре къабул гьаруна гьес. Гӏатӏидаб залалъуб кинабго хӏадурун бугоан репетициялде.\n«Ватӏаналъул» гӏисинал гьудулзабазул кӏудияб чӏаголъи\nТӏаде балагьун 10-12 сон барал гӏисинал васалги ясалги рукӏана кьурдизе байбихьиялъухъ ралагьун чӏун. Ретӏун тӏадагьаб ретӏелги, хӏатӏазда гьединалго тӏадагьал, мачуязда релълъарал хьиталги рукӏана. Гӏалица, бетӏерги хьвагӏун, музыкантазде ишан гьабуна ва залалъуб тӏибитӏун ана, двар-двариялда бухулеб къололги лъимерлъудаса нахъего рагӏун ругьунаб, зурмил къвакъваялъулги лазатаб бакъан.\nДир кидаго хӏалхъублъула берцинго, тӏадагьго хӏетӏеги босун кьурдизе лъалев гӏолохъанчиясда. Цо-цоязе тӏабигӏаталъго кьола гьеб гьунар. Цо-цоязе абуни кьоларо. Амма гьитӏинго гьадинаб бакӏалде ругьун гьаризе кьуни, щолеб батила берцинго хӏетӏе босизе махщел чиясе. Гьединал пикрабаз кверде восана дун лазаталда кьурдулел «Ватӏан» ансамблялъул лъималазухъги валагьун. Гьезин абуни тӏад босизабун букӏана репетициялъул гӏатӏидаб зал. Цин борхун, цин гӏодобе биччан бачунеб бакъаналда гъоркь гьел цин боржине хӏадурлъулеб цӏудуца гӏадин, куркьбалги рорхун, унаан гӏедерго хӏатӏалги росун. Хадуб шавкъ бачӏун, «гьарссаян» гьаракьги гьабун, кӏанцӏун унаан эхеде. Гьаваялда тӏавап гьабулеб цӏудуца гӏадин, гьенибго цо свериги гьабун, рортун рачӏунаан ракьалде, речӏчӏулаан накабазда, рахъунаан тӏаде. Гьеб мехалъги гьабулаан цо гьаракь, тӏоцебе гьабун букӏараб кӏочараб хӏалалъ. Хадурги унаан гьаваялде кӏанцӏун, гьабулаан гьениб цо гьайбатаб свери, бахъулаан гӏодорасанди. Гьезул хӏатӏил росиялда рекъезабун бакъан бачунел музыкантазги цин гӏодизабулаан аргъан, хӏеренго бачунаан зурма, гьабугьин бухулаан къали. Хадуб цинтӏаго зварун тӏокӏкӏараб биччалаан зурмица бакъан, къватӏибеги рагӏулеб хӏалалъ, кӏодого бачунаан аргъан. Гӏишкъу речӏчӏун бачӏиналда рекъезабун, эхе-эхеде рехулаго бетӏергун, бухулаан къолохъанас жиндирго къали. Гьеб киналъго батӏияб чӏаголъи, чӏагояб рухӏ речӏчӏизабулеб букӏана кьурдуда.\nВасаздаса нахъе ккечӏеб берцинаб кьурди букӏана ясазулги. Гьел цин хӏорида тӏад лъедон унеб хӏанкъва гӏадин унаан, хӏеренго хӏатӏалги росун, гьаругьин квералги рорхун, намусго ракьалде бералги руссинарун. Хадуб, тохлъукьего бетӏерги борхун ккун, гьабулаан цо гьайбатаб кьурди, бахъулаан гӏодорасанди. Гьезухъ балагьун паналъун хутӏун дунги вукӏана. Гьоркьо-гьоркьоб борчӏараб гьезул гъалатӏ битӏизабулев Гӏалиги вукӏана, унго-унгояв мугӏалим гӏадин, гьезда цевеги эхетун. Берзул ишаналдалъун, кверзул рагъариялдалъун кӏолеб бугоан гьесда лъимал жиндихъго гӏенеккизаризе, гьесул ракӏал жиндехунго руссинаризе. Гьебги кӏудияб махщел гьечӏищха?\nГьединаб букӏана «Ватӏаналъул» гӏисинал кьурдухъабазулгун тӏоцебесеб лъай-хъвай ккараб лахӏзат. Хадур ниж рилълъана Гӏалил кабинеталде. Батӏи-батӏиял соназда ансамблялъе щварал грамотабазул, баркалаялъул кагътазул, каранда ралел, гӏодор лъолел батӏи-батӏиял шапакъатазул, кубоказул цӏун рукӏана къадалги, гьединго гьесул кабинеталъул ункъабго бокӏонги. Къадазда чӏван рукӏана батӏи-батӏиял соназда батӏи-батӏиял шагьаразда рахъарал ансамблялъул гӏахьалчагӏазул ва жиндирго сураталги. Цо сураталда гьев лъимадул гӏадаб гьимигун вукӏана эхетун. Цоги сураталда — гӏолохъанав Гӏали къамартӏго, тӏад чухъаги ретӏун, боржине къачӏараб цӏум гӏадин, сценаялда кьурди гьабулев.\n1988 соналдаса нахъе ансамблялъул гӏумруялда чанги хиса-басиял ккун руго. Чанцӏулго хисун буго гьелъул цӏарги. Мисалалъе, цо заманалда «Талихӏаб лъимерлъи» абун букӏана гӏисинал кьурдухъабазул къокъа. Телевизоралдасан, гьел рихьизарулеб заман ракӏалда буго. Гьел рукӏана 1990-абилел сонал. Хадуб букӏун буго «Имамат» абурабги ансамбль. Букӏана заман «Кавказ» абураб цӏаргун гьел цере рахъунебги. Гьел киналго рукӏанин «Ватӏаналъ» хӏадур гьарурал проектал, гьел киналго ансамблязда гьелъул «лъималин» абизе бегьулин бицана Гӏалица. Щибаб заманалда ва заманалъул чвахиялда дандеккезабун, рекъезарун лъурал цӏарал рукӏанила гьел.\n— Амма жибго «Ватӏан» ансамбль кидаго букӏана. Хӏабургъарал 1990-абилел соназдаги, гьелдаса хадуб кинаб заман бачӏаниги, щибалда хӏалги рекъезабун, церехун галабиги тӏамулаго ана ниж. 33 сон ана гьеб гӏуцӏаралдаса нахъе. 33 сон — гьеб буго битӏун завалалда вугев гӏолохъанчиясул ригь. Гьел соназда жанир «Ватӏаналъ» куцан, хӏадур гьарун, гӏемерал гӏолилал ана къватӏире. Гьезул цо-цоял жакъа «Лезгинка» ансамблялдаги руго, цоял республика бахун къватӏирги руго, цогидал бизнесалдаги ратила, хутӏаралги чӏара-хьараб магӏишатги гьабун магӏарухъ, батӏи-батӏиял шагьараздаги ратила. Бечедаб тарих тана «Ватӏаналъ» нахъа, — йилан рекӏелъ чӏухӏигун абуна Гӏалица.\nОгь, магӏарул кьурди, кьурдулел васал\nРепетицияги лъугӏун, жанахӏалъур данде-данде руссун, бихьа-рагӏаралъул бицунел ругоан гӏисинал кьурдухъаби. Гьезие насихӏат гьабулев цо гӏолохъанчиги вугоан. Гьев ватана Гӏали Мухӏамадгӏалиевасул вас Мухӏамад.\n— Гьал лъимал руго «Ватӏаналъул» гӏахьалчагӏи, — ян бицана Мухӏамадица. — Бищун гьитӏинасул буго микьго сон, бищун кӏудияв, ай Сагӏидил 13 сон. Гьасдасан байбихьизе бегьула дуца гара-чӏвари гьабизе.\n— Бокьунгутӏи букӏинарогури дур, — илан гьикъана Мухӏамадица гьесда.\nБукӏинарин, жаваб кьуна Сагӏидицаги.\n«Ватӏаналде» гьев вачӏун вуго микьго сон барав чи. Тӏоцебе захӏмат букӏанищан гьикъидал, бигьагоги букӏинчӏин мукӏурлъана гьев.\n— Бигьаго букӏинчӏо, масала, байбихьуда гьаниб чӏезабураб низамалде ругьунлъизе. Чӏахӏияз, мугӏалимзабаз бицунелъухъ кӏвар кьун гӏенеккизе малъула нижеда тӏоцебе. Гӏадлу хварал жал гьаризе, жегӏезе, хӏажат гьечӏого гӏемер гаргадизе бегьуларо. Захӏматго букӏуна гьеб кинабго къабул гьабизе, ниж гӏисинал чагӏилъидал, чӏахӏияз абунщинаб босизе гӏакълу жеги цӏубачӏел нижее захӏмалъичӏого букӏинищ. Хадуб, дагь-дагьккун ругьунлъула низамалде, — ян бицана Къурбанов Сагӏидица.\n— Нужер репетициялъухъ валагьун вукӏана дун. Бащдаб сагӏаталда жаниб анцӏго батӏиябниги кьурди бихьизабуна нужеца. Гьел киналго ракӏалда чӏезарун кин бажарулеб?\n— Щибаб къоялъ тӏадчӏун куцалел ругелъул, ракӏалда чӏечӏого хутӏуларо. Гьелъулъ аслияб жолъун дица рикӏкӏуна гъира-цӏа, кьурдуе ругьунлъизе бугеб шавкъ. Гъира-шавкъ гьечӏони, хӏасил ккезе гьечӏо.\n— Дуего бищун кинаб кьурди бокьулеб?\n— Дие киналго рокьула. Кавказалъул халкъалъул киналго кьурдабазе куцалелъул ниж гьанир. Амма бищунго рекӏее гӏола «Игитасул кьурди» абураб тайпа (Танец джигита). Цохӏо дие гуребги, дида цадахъ ругел киназего бокьула гьеб кьурди, — ян бицана Сагӏидица\nГьеб тасдикъ гьабуна Гӏалицаги. Сагӏидидаса цо соналъ гьитӏинав вуго гьев. Лъабго-ункъо сон буго «Ватӏаналда» куцалев вугелдасаги. Гӏага-шагарго Сагӏидилго гӏадал рукӏана гьесулги жавабал.\nЩуго-анлъго сон баралдаса байбихьула нижеца лъимал къабул гьаризеян бицана Гӏали Мухӏамадгӏалиевасул вас Мухӏамадица. Гьанире рачӏун лъагӏел арабго бихьула бугищ гьесулъ (яги ясалъулъ) тӏабигӏаталъ кьураб гьунар яги гьечӏищали. Гьединал гьунар бугел лъимал рачӏинахъего лъала ратӏа рахъизе. Ансамблязде росилалде гьел цин батӏи-батӏиял бакӏазде, конкурсаздеги рачуна. Гьениб лъикӏаб кьурди бихьизабурал, бажари бугел васалги ясалги хадур ансамблялдеги росула.\n— Мунги Ватӏаналъ куцарав чи ватила?\n— Вуго. Амма дун гьаниве вачӏине кватӏана, гӏемераб мехалъ кьурдичӏо ансамблялда. Цогидал лъимал гӏадин анкьго-микьго сон баравго ккечӏо дун гьаниве. Рукӏун ратилаха гьелъие гӏиллаби.\n«Ватӏан» школалда кьурдун гӏурал гӏолохъаби киса-кирго бегьула ратизе. Дагьав чи гурелъулха 33 соналда жанив гьаниса арав. Дида лъала, нилъер руччабазе цӏакъ бокьула ихтилат-кеп. Бертабалъ ва цогидал данделъабазда берцинго кьурдулев гӏолохъанчи вихьидал, гьагъадин кьурдизе лъалев вас дирги вугеваниян ракӏалде ккола гьезул гӏемерисезда. Гьеб пикруялда хадур рилълъун, чанги эбелалъ витӏун вачӏана жиндирго вас нижехъе кьурдизе ругьун гьавизе.\nНилъерго гьаниб кин гьабулареб, гӏурус ракьалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазецин бокьула Кавказалъул кьурдиги магӏарул бакъанги. Россиялъул чанго шагьаралде щведал дидагоги бихьана. Тӏоцебе нилъер кьурди бихьарал гӏурусал цӏакъго паналъун хутӏула.\nЖакъаги гъираялда рачӏуна гьанире лъимал. Хӏасратго ахӏулеб кечӏго гӏадин, кьурди-хъат кидаго къиматалда букӏараб жо буго. Нилъер умумузеги бокьулаан гьеб, наслабаз наслабахъе кьун жакъаги ссиялда буго гьелде бугеб рокьиги асарги.\nГӏалигъалбацӏица «Ватӏан» ансамбль «асир» гьабураб куц\n«Ватӏаналъул» васазул бищун гьитӏинав вакил ккола микьго сон барав Исмагӏилов Гӏалигъалбацӏ. Гьесул умумул ккола Лъаратӏа районалдаса. Гӏалигъалбацӏил кӏудияв эмен советияб заманалда районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулевлъун вукӏарав чи кколинги абун, гьесул умумузул биографиялъул интересаб бутӏаги рагьана Гӏалил вас Мухӏамадица.\n— Анкьго сон барав чи вачӏана Гӏалигъалбацӏ «Ватӏаналде». Лъагӏалидасан гьев ансамблялде восана. Цохӏо соналда жаниб ансамблялъул кьеразулъе къабул гьави — гьеб ккола кӏудияб икъбал. Бокьа-бокьарав гӏолиласе щолеб талихӏ гуро гьеб. Гьанир цо-цо лъимал анкьго соналъ куцаниги, ансамблялдеги росичӏого нахъе уна. Гӏалигъалбацӏие тӏабигӏаталъго кьураб гьунар буго кьурдизе. Гьесул кӏудияб букӏинесеб батиялда щаклъи гьечӏо дир, — илан разиго бицана Мухӏамадица гьесул хӏакъалъулъ.\nСабурав гӏолилав ватана Гӏалигъалбацӏ. Гьесиеги бокьулеб буго «Магӏарул игитасул» кьурди гьабизе. Лъалел руго цогидал, Кавказалъул халкъалъул кьурдабиги. Гьев «Ватӏан» ансамблялъул гӏахьалчи вукӏин лъайдал, бертабалъ ва цогидал дандеруссиназда кьурдизеги вахъинавулев вуго. Гӏалигъалбацӏил анищ буго профессионалияв кьурдухъанлъунги вахъун, хадуб жиндирго школа рагьизе. Яги щиб лъалеб цо 10-12 соналдасан «Лезгинка» ансамблялда вихьизеги бегьула нилъеда гьев…\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "14631-gitiinab-dag-istanalde-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14631-gitiinab-dag-istanalde-sapar", "title": "«Гьитӏинаб Дагъистаналде» сапар", "date": "2021-10-29 11:46:08", "categories": ["lit"], "text": "Хӏайранал кьурдабазул хӏикматал бакънал\nГьале доб гьитӏинаб Дагъистан. Гӏисинал дагъистанияз, жидерго гъуждуздаги лъун, гӏагарал мугӏрузул тӏогьазда лъолеб букӏана Ватӏан. Гьале дол бахӏарчиял умумузул хӏикматаб гӏел. Гьазул щивасул кверазги, килщазги, беразги, бохдузги, балагьиялъги, гьимиялъги бицунеб букӏана гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъулги, цолъиялъулги, вацлъиялъулги, тарихалъулги, гӏадатал-гӏамалазулги хӏакъалъулъ. Ватӏаналъул гъасда бакараб цӏадул гвангъарал хӏенхӏаллъун ругел гьезул щивасул рекӏелъ букӏараб рокьул гучалъ цо лахӏзаталъ гӏумругицин лъалхъизабураб асар гьабулеб букӏана. Цохӏо кӏалалъ гӏадин, «гьарррссс», — илан гьез ахӏидал, гьеб гьитӏинабго залалда тӏибитӏун бачӏана Дагъистан, жиндирго чӏухӏигун, тӏадегӏанлъигун, тӏокӏлъигун.\nЦебе бачӏунеб букӏана хӏеренлъиялъулги, хӏасраталъулги, хӏикмалъиялъулги къатӏрабаз хасаб берцинлъиялъул накъишал угьарал, расенал сокӏкӏарал гьайбатал сипатал. Гьеб параялъ, пикрабазул куркьбаздаги рекӏун, дун щвана магӏарухъе:\n— Мугӏрузул каранда убачалги гьарулаго, гьезул ахалъабазде сухъмахъалги рахъулаго гочун унел лъаралгун иццал. Гьел иццазухъе, баччун гӏеретӏгун, къокъун ячӏуней «гӏанаби багӏарай, берал чӏегӏерай магӏарулай». Магӏарул гӏертӏиниса гьекъолеб мугӏрул иццазул лъиназулги букӏунеб тӏагӏам. Пикраби-анищазда гьеб иццухъ гӏодой чӏарай гӏолилай. Гьеб лъел къатӏраби гӏадал, рацӏцӏадал хьулазул гӏеретӏги цӏун уней йиго гьей.\nВа тохлъукьего. Гьале дов, гьалъул хьулазул багьадур. Чодаса гъоркьеги рещтӏун, лъим кьеларебищилан гьарулеб буго гьес. Гӏертӏил кӏалдисан бачӏунеб лъеца гьесда щурулеб буго гьай дур къисмат йигилан…\nГьеб гьуинаб сипат дихъа бахъана гьединалго гьуинал кьурдухъабазул «гьарррсссалъ».\nГьале дол лебалал дагъистаниял: цӏумалъул сипаталда васалги хӏанкъваялъул сипаталда ясалги. Цӏумалъул кваркьидакь гӏумруялъул гьогьен батарай магӏарулай. Лъедолеб буго хӏанкъва. Цӏумазул рорженалъул борхалъуда лъолеб буго магӏарулас магӏарулалъул намус.\nЦо заманалдасан бахъана кьвагьи. Ватӏаналъул гӏорхъабазде тушман гӏагарлъизегӏан, хвел тӏаса бищарал гӏолилазул хвалчабазул зваргъи. Гьелъ ахӏулеб букӏана хӏалбихье жидер Дагъистаналдехун квешаб бералъ ралагьизегицинилан.\nГьале доб цояб рахъалдасан лъедон рачӏунел ясалги, гьезда хӏургицин хъваларедухъ, щулиял квераз гьезул тӏадегӏанлъиги цӏунун, церехун рачӏунел васалги. Гьез ахӏулеб бугин кколеб букӏана:\n— Ниж цоцазда релълъаралги батӏи-батӏиялги. Цого гӏадаталги, цого къасдалги, цого гъасда бакараб цӏаги, цого цӏадухъ цого хинлъиялда хадур рачӏунел гӏолилал васалги ясалги.\n— Мацӏал батӏиял ругониги, ракӏазул кьабиги кӏутӏиги цо буго нижер, — илан ахӏулеб букӏана гьез, Кавказалъул халкъалъул кьурдабиги рихьизарулаго.\nГьеле гьеб кинабго букӏана дунялалдаго машгьураб гӏолилазулгун лъималазул кьурдул ансамбль «Ватӏан». Гьале доб кьурдабазул хӏикматаб мацӏ. Гьеб мацӏалъ бицарабщинаб къиса нижее гьеб сордоялъ. Дунялалдаго бищунго берцинаб, киназдаго бичӏчӏулеб мацӏ букӏунеб буго кьурдул.\nГьебин абуни, цӏакъго бичӏчӏулеблъун батана жиндилъ берцинлъиялъул хасаб гогьар бугеб «Ватӏан» ансамблялъул мацӏ. Цӏакъго тӏадегӏанаб роржен кьун буго гьелъие гьеб мацӏалъул автор Гӏали Мухӏамадгӏалиевас.\nМоцӏрохъе кьурдулел\nталихӏал цӏваби\nГӏали Мухӏамадгӏалиев лъаларев дагъистанияв ватиларо. Гьесги гьесул гьунарчагӏазги гӏемер бицана дуниялалъе Дагъистаналъулги, Кавказалъулги, Россиялъулги.\nРикӏкӏен гӏемерал дир анищазда гъорлъ букӏана цо гьитӏинабго анищги – хӏикматаб кьурдул улкаялда гӏумру гьабун ругел Гӏалилгун ва гьесул гьунарчагӏазулгун лъай-хъвай гьабизе. Ва гьале ахир-къадги тӏубана дир гьеб анищ.\nГазеталъул хӏалтӏухъабигун цадахъ щвана гьесухъе гьоболлъухъ.\nВа пана гьаюна гьел кьурдабаз гьаб нухалдаги. Дида ракӏаде ккун букӏана лъица куцалел хасал хореографал ратилилан. Бихьулищха, рукӏун гьечӏо – живгоги жинцаго ругьун гьарурал жиндирго цӏалдохъабиги.\nЛъималазе бицунеб мацӏалъул хӏеренлъиги гьесул. Берзул балагьигицин кьурдулеб бугин кколеб букӏана гьесул. Тӏолабго гьурмада бакълъун кунчӏараб гьимигицин «кьурдилеб» букӏана лъималгун цадахъ.\nГьале гьанибги дида цебе бачӏана дагьабги хӏикматаб сипат:\n— Гӏали гьеб лахӏзаталъ вукӏана моцӏлъун. Моцӏрол канлъуца киса-кибего роцӏинабун буго сверухълъи. Гьеб моцӏрода сверухъ ракӏарарал гӏисинал-чӏахӏиял цӏвабиги.\nГьез сверун ккураб моцӏроца рачунел рукӏана талихӏалъул бакънал. Гьел бакъназ асир гьарурал цӏвабзаз рачунел рукӏана долго бакънал. Гьел киналго бакъналги цолъун, лъугьараб хӏикматаб улкаялда цӏарги хӏикматаб бугоан – ВАТАН.\nБокьун букӏараб куцха цохӏогӏаги нухалда свери бахъизе. Рикӏкӏадасанго свериги босун, боржине къачӏараб мугӏрул цӏум кинигин, цӏавуцӏун Гӏали вачӏунелъул, кьурдизе лъаларелъулги бохдул жалго расандизе лъугьунел ратила. Ракӏ ахӏделеб букӏана яхъа кьурдизейилан…\nСуратаз бицараб къиса\nРепетициялдаса хадув Гӏали регӏана нижергун харбиде. Щвана гьесул кабинеталде. Ва кинабго бичӏчӏана — щибго суал кьечӏонигицин, суратаз бицараб къиса гӏелаан. Ансамбль гӏуцӏаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан «Ватаналъул» къисматалъул талихӏаб къиса бицунеб букӏана кабинеталъул къадада ругел суратазги ва сураталгӏан гӏемерал шапакъатазги.\nГӏалица бицана нижее щибаб сураталъул тарихги. Щибаб шапакъаталде аскӏовеги щвана гьев, суратаздасан жиндие гьимулел рукӏарал цӏалдохъабазеги гьимана гьев…\nГьеле гьединаб батана жиндирго гӏумруялъул талихӏал лахӏзатал гӏагараб «Ватӏаналъе» сайгъат гьарурав Гӏали Мухӏамадгӏалиевасул къисматалъул гьайбатаб къиса…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "14666-psikhologiyab-kh-ulukh-al-ul-zagiipl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14666-psikhologiyab-kh-ulukh-al-ul-zagiipl-i", "title": "Психологияб хъулухъалъул загӏиплъи", "date": "2021-11-01 05:10:18", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул лъай кьеялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас «Дагъистаналъул правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏана пресс\u0002конференция. Гьениб бицана лъай кьеялъул идарабазда пашманал лъугьа-бахъинал ккунгутӏиялъул мурадалда цӏалдохъабазе тарбия кьеялъул рахъалъ гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьединаб данделъи тӏобитӏиялъе гӏилла ккана Махӏачхъалаялъул №51 лицеялда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин. Гьелдаса хадуб, ДРя лъул бетӏер Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, гӏуцӏун букӏана ведомствабазда гьоркьосеб пачалихъияб комиссия. Гьелъ цӏех-рех гьабуна цӏалдохъабазда гьоркьоб рекъечӏел ишал ккеялъе рукӏарал гӏиллабазулги, гьелъулъ школалъул педагогазги психологазги гьа- булеб букӏараб хӏалтӏулги, тарбия кьеялъул рахъалъ цӏалдохъабазул эбел-инсул букӏараб хӏаракаталъулги. Комиссиялъ тӏобитӏана дан- делъиги. Гьенире ахӏун рукӏана батӏи-батӏиял ведомствабазулгун жамгӏиял гӏуцӏабазул ва идарабазул вакилзаби. Гьеб данделъиялда хӏадурана ва къабул гьаруна республикаялъул школазда тарбия кьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъул рахъалъ малъа-хъваялги.\nЯхӏя Бучаевас абуна пачали хъияб комиссиялъул данделъиялда хӏукму гьабунин Психологиябгун педагогияб ва медицинаялъулгун социалияб кумекалъул центр ра- гьизе (ЦППМСП). «Гьединаб центр гьечӏеб кӏиго регион буго РФялда. Гьезда гьоркьоб Дагъи станги. Центр рагьизе буго Ума Муртузгӏалиевалъул цӏаралда бугеб Республикаялъул социалиябгун захӏматалъулаб адаптациялъул ва профориентациялъул централъул кьучӏалда. Централда кумек гьабизе буго захӏматаб хӏалалде ккарал, тарбия кьеялъулъ «жагъ аллъи» борчӏарал лъималазеги, цӏалдохъабазул эбел-инсуеги, школазул психологазегун социалиял педагогазеги.\nГьелде тӏадеги, комиссиялъ хӏадурана лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезул аттестация гьаби ялъул рахъалъ цогояб регламентги. Гьелда рехсон руго цӏалигун тарбия кьей гӏуцӏиялъулъ рукӏине кколел цогоял къагӏидаби. Гьабсагӏаталда хӏадурун бахъунеб буго тарбия кьеялъул регионалияб программаги», — ян бицана Я. Бучаевас.\nДанделъиялда бицана гьабсагӏаталда гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал ккезабизе рес бугел, ай тарбиялъул рахъалъ гӏунгутӏаби халлъулел, цӏалдохъабазул сияхӏ хӏадуриялъул рахъалъ школазда цӏакъ хашаб хӏал бугин абун. Гьединаб сияхӏ букӏарабани, гьелда гъорлъ цӏарал рехсарал цӏалдохъабазул хьвада-чӏвадиялде кӏвар кьелаанин школалъул хъара- вулзабазги, завучазгун педагогазги, психологазги. Гьеб мехалда дагьлъизе букӏанила пашманал лъугьабахъиналгиян абуна министрасул ишал тӏуралес. Кватӏичӏого школазул психологазулги социалиял педагогазулги лъай камил гьабиялъул курсал гӏуцӏизе ругинги тӏаде жубана гьес.\n«Щивав учитель вукӏине ккола психологлъунги. Заманалда бихьизе ккола гьесда цӏалдохъанасе хасия таб гуреб хьвада-чӏвади ва гьеди наб лъимералда хадуб тӏадчӏараб бербалагьиги букӏине ккола. Гьабсагӏаталда, абичӏого гӏоларо, школалде рачӏуна вузалда загӏипаб лъай щварал учительзаби. Гьединлъидал нилъеца, щиб гьабунги, школазда цӏунизе ккола ригь арал ва цӏикӏкӏараб хӏалбихьи бугел учительзаби», — ян бицана Каспийск шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Лариса Абрамовалъ.\nКъварилъи ккараб школалъулги цогидал лъай кьеялъул идарабазулги цӏалдохъабазулгун ва гьезул эбел-инсулгун гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ данделъиялда бицана ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул штаталда гьечӏей педагог-психолог Аида Мутӏалимовалъ.\n«Гьабсагӏаталда гӏуцӏун буго психологазул къокъа ва гьел, мухьги босичӏого, хӏалтӏулел руго психоло гияб кумек хӏажатал гӏадамалгун. Хитӏабал гьарулел руго республика ялъул киналниги муниципалитетаз даса. Гӏураб хӏалтӏи гьабулеб буго ДГУялъул Психологияб централъги – гьенибги гӏуцӏун буго кумекалъе хӏажатазул гьитӏинабго къокъа», — ян бицана гьелъ.\nДагьалъ цебе Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул классазул нухмалъулезул форумалдаги борхана цӏалдохъабазе тарбия кьезе ккеялъул хӏакъалъулъ суал. Гьениб абуна гьанжесел цӏалдохъабазул эбел-эмен кколин 1990-абилел соназда гьарурал, ай жидеего букӏине кколеб тарбия щвечӏел, чагӏийин абун. Министрасулгун букӏараб данделъиялдаги кӏвар бугеблъун рехсана цӏалдохъабазул эбел-инсулгун гьабизе кколеб хӏалтӏи.\nЦӏалдохъабазе тарбия кьеялъул рахъалъ лъикӏаб хӏалбихьи буго Каспийскиялъул «№15 школа» лъай кьеялъул централда. Гьелъул директор Шамил Гӏалиевас гьадин бицана: «Жакъасеб гӏелалъул аслияб гӏунгутӏи буго гӏадада за ман чӏвай ва социалиял гьиназулъе тӏерхьин. Щиб гьабилебали лъа ларел цӏалдохъаби машгъуллъула интернеталъул сайтазде. Гьениса щвараб лъаялъул заралги нилъеда киназдаго бихьула.\nДун вуго цӏияб, ай исанасеб цӏалул соналде рагьараб школалъул директор. Буго цо ичӏабилеб класс. Гьенире рачӏана шагьаралъул цо гидал школаз, битӏахъего абуни, къватӏире гъурал гӏолилал. Щи баб къоялъ рагъулаан гьел цоцалъ. «Дун бищун цӏакъав, къуватав, цеветӏурав» абураб пикру букӏана гьезул киназулго. Щиб гьабундай гьеб хӏал хисизабилебан гӏемер ургъана дун – гьарулел тадбиразул хӏасилго кколеб букӏинчӏо. Иргадулаб гьатӏанкъоялъ, гьел киналгоги рачун, дунго ана авлахъалде тирасверизе. Гьенир гӏуцӏун рукӏана гьезие спортивиял тадбиралги. Гьел\u0002даса нахъе тӏубанго хисана гьеб класс.\nНижеца щулияб бухьен гьабун буго Югалъулаб Дагъистаналъул Гӏолилазул союзалъулгун. Улкаялъ ул гранталъе мустахӏикълъараб мехалда, гьез босун буго авлахъалъулаб лагералъе хӏажатаб къайи-алат. Гьенир гьез гӏолилал куцала гӏадамал хвасар гьаризе ва спортивияб туризмалъе. Нижги хьвадула гьезухъе, цӏалдохъабазул къокъабиги рачун.\nЛъикӏаб ишлъун лъугьана школалде республикаялъул МЧСалъул спасателалги мадугьалихъ бугеб колледжалъул студенталги школалъул тадбиразулъ гӏахьал гьари. Цадахъал ишаз квербакъула тарбия кьеялъе гуребги, школалъул гӏумруялде цӏалдохъабазул бербалагьи хисизабиялъеги.\nЦӏалдохъабазул эбел-эмен кин рачӏинарилел школалде? Ургъана гьелъиеги ва тӏобитӏана ГТО кье ялъул къо. Гьелда гӏахьаллъун хадуб цо чанго чи вачӏана аскӏове, мухьги босичӏого, цӏалдохъабазе жидецаги дарсал кьелаанин абун (масала, гьедин гӏуцӏарал волейболалъулги футболалъулги секциял руго школалда гьанже)», — ян бицана директорас.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "14678-darabazul-k-varil-i-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14678-darabazul-k-varil-i-gechio", "title": "Дарабазул къварилъи гьечӏо", "date": "2021-11-01 17:02:58", "categories": ["med"], "text": "Республикаялда коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал къойидаса къойиде хӏалуцунеб бугин бицунеб буго тохтурзабаз. Магӏарул цо-цо районазда гьеб тӏибитӏиялъул рахъалъ кинаб ахӏвал-хӏал бугебали цӏех-рех гьабуна нижецаги.\nХунзахъ ЦРБялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Шарипат Хӏамзаловалъул рагӏабазда рекъон, Хунзахъ районалда коронавирусалъ унтаразул къадар дагь-дагьккун цӏикӏкӏине лъугьун буго. Гьебги хӏисабалде босун, Хунзахъ ЦРБялда 40 унтарав вегизе бакӏ гьабун буго.\n«Жакъа больницаялда вегун вуго 32 унтарав. Больницаялда вирусалде данде ва цогидалги къваригӏанщинал дараби чӏезарун руго. Гьелдаго цадахъ, унтаразе хӏажалъулеб кислородалъулги централизованияб къагӏида гьабун буго, кислородалъул концентраторалги руго. Эпидемия байбихьаралдаса нахъе, кӏудияб кумек щвана нижее администрациялъул рахъалдасанги. Гьединго «Инсан» фондалъги гӏезегӏан кумек гьабуна.\nКоронавирусалдаса сах гьариялдаго цадахъ районалда вакцинаби гьариялъул хӏалтӏиги унеб буго. Вакцина гьабуна 7231 чиясе. Прививкаби гьаризе ниж хьвадула хъутабаздеги росабалъеги. Районалде вакцинаялъул 11020 доза бачӏун букӏана. Гьабсагӏаталдаги нижер гьаниб буго лъабго батӏияб вакцина. Гӏодоркъоязухъ, байрамазухъ балагьичӏого гьарула вакцинабиги», — ян бицана Ш. Хӏамзаловалъ\nГъуниб\nГъуниб ЦРБялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Шапиевас бицана:\n«Кӏиго анкьалъ цебеги больницаялда коронавирусалъ унтарав 13 чи гурони вегун вукӏинчӏо. Коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал хӏалуцун кӏиабилеб анкь буго. Лъабго отделение рагьун букӏаралъуб, кӏигоябги къан цохӏо отделение хутӏун букӏана. Гьебгицин къазе бегьилин кватӏичӏогоян абураб хьулалда рукӏана ниж. Жакъа больницаялда вегун вуго коронавирусалъ унтарав 43 чи. Дарабиги гӏураб къадаралда руго. Батӏи-батӏиял росабазул участкабазде щола ниж. Амбулаториял унтаразда хадуб кин хъулухъ гьабулеб бугебалиги хал гьабула. Гьабсагӏаталда цо чӏараб къагӏидаялда буго унтаразул ахӏвал-хӏал. Цо-цо мехалда больницаялда гӏоларого букӏуна унтарал захӏматго лъугьараб мехалъ хӏажалъулеб цӏакъ багьаяб кӏиго препарат. Гьелъул цо до\u0002заялъухъ 100-120 азарго гъурущ ккола. Цӏакъго, захӏматго унтаразе гьабичӏого гӏоларо гьеб дару. Гьел дарабиги Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса гьоркьо-гьоркьор рачӏуна больницаялде. Битӏараб бицани, гъоркь рачӏун рукӏаралги лъугӏун, гьеб захӏматго унтаразе хӏажалъулеб хирияб дару хутӏун гьечӏо гьабсагӏаталда больницаялда. Гьелде ккезе рес бугел, захӏматго унтарал кӏигоял руго гьабсагӏат. Нагагь гьеб багьаяб даруялде хӏажалъиги ккани, гьебги больницаялда гьечӏони, нижецаго гӏарац бакӏарунги тӏалаб гьабула гьеб дару. Рес бугони, унтаразул гӏагарлъиялъги абула жидецаги балагьилин. Талихӏалъ, гьединаб ахӏвал-хӏал къанагӏат гурони букӏунаро. Районалда карантин гьабизе ккараб хӏалги гьечӏо», — ян."}
{"slug": "14790-derbent-tsebetiezabiyal-e-tiadegi-giarats", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14790-derbent-tsebetiezabiyal-e-tiadegi-giarats", "title": "Дербент цебетӏезабиялъе -тӏадеги гӏарац", "date": "2021-11-11 10:08:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас Дербенталда тӏобитӏана 2025 соналде щвезегӏан гьеб шагьар цебетӏезабиялъул хӏакъалъулъ бицунеб данделъи. Гьелда хурхараб план хӏадуреян гьабураб хасаб хӏукму буго РФялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустинил.\nГьеб хӏалтӏуда гьоркьобе уна шагьаралдаса рачӏунел хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциял рай, лъел рогӏрал къачӏай, школалгун больницаби рай, туристал тӏаде цӏалел бакӏал къачӏай ва тӏадеги гьел рай, шагьаралъул къватӏал къачӏай. Гьединго «Южный» абун тӏубараб микрорайонги базехъин буго гьениб. Гьелда бакьулъ букӏине буго чанго батӏияб динал цолъизарулеб рухӏияб центрги.\nГьабсагӏаталда шагьаралда лъазабун буго «Аваин» абураб цогидаб микрорайон цебетӏезабизе тӏаде босулев подрядчик валагьиялъул конкурсги.\nГьел киналго хӏалтӏабазе гӏарацги кӏиго нухалда биччазе буго. Цин – 5, 7 млрд гъурущ (гьелда гьоркьоса 4, 5 млрд гъурущ букӏина федералияб централдаса биччалеб, 92 млн гъурущ – республикаялъул бюджеталдаса, 1 млрд гъурущ – бюджеталдалъул гурел бакӏаздаса биччалеб).\nКӏиабизе биччазе буго 177,5 млрд гъурущ (42, 2 млрд гъурущ -федералияб бюджеталъ; 7, 3 млрд гъурущ -республикаялъ кьела; 127, 9 млрд гъурущ щвела бюджеталдалъул гурел бакӏаздаса)."}
{"slug": "14791-shagiirasul-yubileyalde-ob-ektal-k-achiala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14791-shagiirasul-yubileyalde-ob-ektal-k-achiala", "title": "Шагӏирасул юбилеялде объектал къачӏала", "date": "2021-11-11 10:09:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас тӏобитӏараб данделъиялда бицана Расул Хӏамзатовасул юбилеялде гьабизесеб хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.\nГьелда бан республикаялда цо-цо бакӏал къачӏазе гӏарац биччаян Москваялде официалияб кагъат битӏизе ракӏалда буго председателасда. Аслияб куцалда Хунзахъ районалдаги Махӏачхъалаялдаги ругел объектал ккола гьел. Масала, гьениб хӏукму ккана Расул Хӏамзатовасул цӏар лъураб Миллияб библиотека капиталияб куцалда къачӏазе.\nГьединго Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевасул пикруялда рекъон, лъикӏ букӏинаан Цӏада «Хъахӏал къункърабазе» ва Расулие лъурал памятникалги, Хунзахъ Культураялъул кӏалгӏаги, районалда шагьранухалги къачӏани."}
{"slug": "14792-isana-nukh-kakh-aderida-askiobe-shchvela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14792-isana-nukh-kakh-aderida-askiobe-shchvela", "title": "Исана нух кьахъадерида аскӏобе «щвела»", "date": "2021-11-11 10:12:05", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, исана лъагӏалил ахиралда Кьохъе щвезегӏан къачӏан бахъина «Грозный – Болъихъ – Хунзахъ – Гьерекӏдерил майдан» нухлул цо бутӏа.\nГрозныялдаса байбихьараб гьеб гьабсагӏаталда къачӏалеб буго кутакалда борхатаб гӏандадерил мухъалдасан (ралъдал гьумералдаса 2000 метралъ борхатаб бакӏ). Цо-цо бакӏазда мугӏрул гӏанлъун, шагьранухал гьариялда цадахъго, хъилги тӏолеб буго гьенибе.\nРоссиялъул президент Владимир Путинил тӏадкъаялдалъун бахъулеб нух ккола гьеб. Гьедин Гьаракӏунибе щвезегӏан бачӏунеб гьеб нух къачӏан бахъиналдалъун лъикӏлъила Дагъистаналдагун Чачан Республикаялда гьоркьор ругел даран-базаралъул, культураялъул, росдал магӏишаталъул суалал. Гьединго цӏикӏкӏина цоцахъе хьвадулел туристалги. Гьабсагӏаталда гьезда гьоркьор бищунго машгьурал бакӏалги гьеб нухккун ругелъулха (Гӏанди-хӏор, Мочӏохъ-хӏор, Макьасда, Цӏобокь рагӏал, рихьундерил хӏор ва цогидалги бакӏал)."}
{"slug": "14793-open-dagestan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14793-open-dagestan", "title": "Open Dagestan", "date": "2021-11-11 10:13:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 ноябралда Каспийскиялда («Анжи-Аренаялда») тӏобитӏизе буго Open Dagestan абураб туризмалъул форум. Гьелъул гӏахьалчагӏи ккола туризмалдехун хурхен бугел гӏадамалги, гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул чагӏиги, пачалихъиял хъулухъчагӏиги.\n«Дагестан диалог», «Dagestan Habar» ва «Орen GR» абун лъабго батӏияб майданалда бицине буго туризм цебетӏезабиялъе ругел тӏабигӏиял ресазулги тӏалъиялъ гьелъие гьабизе бегьулеб кумекалъулги хӏакъалъулъ. Гьединго росдал магӏишаталъул, энергетикаялъул, дармил ва промышленниял компанияз форумалда бихьизабизе буго жиде-жидерго продукция."}
{"slug": "14794-giiyal-tsiiyab-tajpa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14794-giiyal-tsiiyab-tajpa", "title": "Гӏиял цӏияб тайпа", "date": "2021-11-11 10:15:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьанжегӏагар ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана сугъулдерил хъутаналде.\nГьес хал гьабуна гӏиял цӏияб тайпа бижизабиялъул хӏасилал кинал ругелали. Искусственнияб къагӏидаялъ гӏияде хьон биччаялъул пункт буго гьеб хъутаналда. Гьелъие гӏоло пайда босулеб буго «российский мясной меринос» абураб тайпаялъул гӏиядаса. Дагъистаналда бугеб федералияб аграрияб гӏелмияб централъул (ФАНЦ) вакилзабазгун «Сугъралъ» агрофирмаялъ хӏалбихьулеб буго нилъер гӏиял гьанги квасги лъикӏлъизабизе.\nХадубккун гьединаб хӏалтӏи республикалъул цогидал магӏишатаздаги гьабизе буго."}
{"slug": "14796-giajmakisa-abubakar-khiazhiyav-gielmudal-k-ulgia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14796-giajmakisa-abubakar-khiazhiyav-gielmudal-k-ulgia", "title": "Гӏаймакиса Абубакар-хӏажияв-гӏелмудал къулгӏа", "date": "2021-11-11 10:23:09", "categories": ["history"], "text": "Гьавуралдаса 310 сон аниги, халкъалъул рекӏелъги миллияб гӏелмуялъул тарихалда жанивги абадиялъ хутӏун вуго жиндир заманалъул киналго гӏалимзабаз тӏадегӏанаб къимат кьурав гӏакъил, гӏалимчи, динияв хӏаракатчи, шагӏир, дипломат Гӏаймакиса Абубакар-хӏажияв (1711-1791). Гьев вукӏана XVIII гӏасруялда Дагъистаналъул машгьурал гӏалимзабазул ва шагӏирзабазул цояв, цӏарги динияб хӏаракатги мугӏрузул улкаялдаги сверухъ ругел бусурман ракьаздаги тӏибитӏарав. Жиндир халатаб, бечедаб гӏумру гьес къурбан гьабун букӏана дин, гӏелму ва лъай цӏуниялъе, гьеб халкъалда гьоркьоб тӏибитӏизабиялъе, мадрасаги рагьун, гӏолохъанаб гӏел цӏализабиялъе.\nАбубакар-хӏажияв гьавуна Гӏаймаки росулъ. Гьесул вукӏана кӏиго вацги – Гӏабдуллагьги Мухӏамадаминги. Гьезие щун букӏана доб заманалда рекъараб динияб ва дунявияб лъайги. Гӏемераб заманалъ гьел хӏалтӏана мударисаллъун. «Мажмагӏал-авбаш» абураб Абубакархӏажиясул тӏохьода хъван буго: «Абубакар-хӏажиясул кӏудияв вац Гӏабдуллагь вукӏана гӏелмудул ралъдалъе вукъулев, лъаялъул гьунар битӏун бичӏчӏулев ва гӏелмудул пихъ бакӏарулев чи. Гьитӏинав вац Мухӏамадамин – гӏалим, мухӏканал гӏелмаби (математика, механика ва цогидалги) лъалев чи», – йилан.\nАбубакар-хӏажиясул умумул ккола Буцӏра росулъа. Гьесул эмен Мугӏавия гочана Буцӏраса Гӏаймакиве. Гьев вукӏун вуго лъикӏаб гӏелму бугев чи ва Гӏаймакиб мадрасаялда гьес малъулаанила гӏараб адабият. Росасе мукӏурай, гьесда хадуй йилълъарай Абубакар-хӏажиясул эбел Саратицаги хӏаракат гьабулеб букӏана жиндир лъималазе исламалъул кьучӏалда тарбия-лъай кьезе.\nГиничукьа Хӏайдарбегил Мансурица хъвавухъе, Абубакархӏажиясул тухумалъ жиндир байбихьи босулеб буго гӏарабазул машгьураб къурайш тухумалдаса, битӏахъего Маккаялдаса, хадур гьесул умумуз гьижра гьабун буго Сириялде, Хӏалабала шагьаралде ва гьелдаса хадуб Дагъистаналде. Дагъистаналда Абубакар-хӏажиясул тухумалъул кӏудияв цин рещтӏун вуго Буцӏра росулъ, хадув – Гӏаймакив. Гъалбацӏил вас, Сулейманил вас, Гӏабдул-дибирил вас, Буцӏраса Мугӏавиял вас Абубакар-хӏажи. Нурмухӏамадил Мухӏамадил баяназда рекъон, гьеб насаб живго Абубакар-хӏажияс кьун буго «Шархӏ Хӏазамийа» абураб тӏохьол мужалаталда.\nГьитӏинго лъай-цӏалиялде гъираги пагьмуги загьирлъарав Абубакархӏажиясе гӏагараб росулъ щвана бусурман лъаялъул тӏоцересел дарсал. Инсул нухмалъиялда гъоркь гьес цӏалана ва рагӏалде бахъинабуна хирияб Къуръан, лъазабуна гӏараб грамматика ва гӏараб гӏелмудул цогидал рахъал.\nЦудунго бихьана Абубакархӏажиясул инсуда жиндир васасул гьунарги лъай босизе бугеб гьесул хӏасратаб гъираги. Гьединлъидал гьес гьев, хадубккун лъай камил гьабизе мурадалда, витӏула Гьаракӏуниве, къади ва машгьурав мударис Кӏаратӏаса Кӏудияв Дибирида цеве цӏализе. Гӏараб гӏелмудул батӏи-батӏиял асарал лъазарун хадуб, Хӏайдарбегил Мансурица хъвавухъе, Абубакар-хӏажияс ячуна Гьаракӏуниса Гьитӏинасул яс Гӏайишат ва тӏад вуссуна жиндирго Гӏаймаки росулъе.\n1731 соналда Абубакархӏажиясе гьавула Мухӏамадилан (Гьаракӏуниса Сагӏидил эмен) цӏар лъурав вас. Мухӏамадие тарбияги лъайги кьуна гьесул инсуца. Гьитӏинго бихьизабуна гьес гъираги бажариги гӏараб гӏелму лъазабизе, цӏалун лъугӏизабуна машгьурав гӏалимчи, философ, шагӏир, шайих Гӏабдурахӏман Жамил (1414- 1492) «Жами» абураб тӏехь. Заманалдасан гьев лъугьана лъикӏав гӏалимчилъун. Амма Мухӏамадил гӏумру батана цӏакъ къокъаб, гьев хвана цудунго, 1764 соналда, Сагӏид гьавун цодагьаб мехалдасан. Абубакар-хӏажиясул хутӏула гӏараб гӏелмуялде гъира букӏарав гьитӏинав вас Гӏабдурахӏманги цо пуланав гӏаймакисасе росасе арай яс Аминатги.\nXVIII гӏасруялъул бащалъиялде Гӏаймаки росу лъугьун букӏана гьев машгьурав гӏалимчияс гӏумруги гӏелмуги гьабулеб букӏараб, Магӏарухъго машгьаруб бакӏлъун. Абубакар-хӏажиясул заманалъул гӏадамаз гьев рикӏкӏунев вукӏана ракӏ лъикӏав, сабру бугев, мухӏканав ва тӏабигӏат рекъарав чилъун. Гьесулъ букӏун буго вагӏза-насихӏат гьабизе кӏудияб пагьму. Гьедин, цоцо мехалда жиндихъ гӏинтӏамурал чагӏи гӏодизецин гьарулел рукӏун руго гьес. Бицен буго, гьев вукӏанин сундуего кодоб устарлъи бугев чи, хӏатта лъикӏав къадахъанги яргъил устаргицин.\nАбубакар-хӏажияс чанго нухалъ сапар бухьун буго Бакъбаккул улкабазде, хӏаж борхиялъул ва лъай камил гьабиялъул мурадалда. Гьел сапаразда вукӏаго, гьев щун вуго доб заманалъ Гӏусманиязул империялъул вилаяталлъун рукӏарал Гӏиракъалдеги, Сириялдеги, цоги батӏи-батӏиял бакӏаздеги. Гьенив гьев дандчӏвала бакӏалъул гӏалимзабигун, лъайхъвай гьабун буго гьел бакӏазул культурагун, гӏелмиял централгун, гьенир рукӏарал библиотекабигун.\nБаянаб буго Абубакар-хӏажиясул гӏумруялдаса цо гьадинаб хӏужа (М.- С. Саидовас бицараб). Цо нухалда иргадулаб хӏежалдаса Гуржистаналъул ракьалдасан ватӏаналде тӏад вуссунев вукӏарав Абубакар-хӏажияв Гьерекӏли-ханас, жиндихъего ахӏун, чанго къоялъ гьесие кӏудияб гьоболлъи гьабун буго. Гьединаб хинаб, хӏурматияб дандчӏваялдаса нечарав ва тамашалъи гьабурав магӏарулас гьикъун буго, гьалъул магӏна щибилан. Гьерекӏли-ханас гьесда абун буго, магӏарулаз Цӏоралде гьарулел чабхъеназул кӏудияб заралги балагьги бугин гуржиязе ва гьикъун буго Абубакар-хӏажиясда, гьесул диналъ къабул гьабуладай гьединаб ишилан. Гьабуларин абун буго гӏалимчияс, гьеб цӏакъ какараб жо бугин ислам диналъ. Гьеб мехалъ Гьерекӏли-ханас гьарун буго Абубакар-хӏажиясда Дагъистаналда, магӏарулазда гьоркьоб вагӏза-насихӏат гьабеян, гьез чабхъенал тезе, гьездаса инкар гьабизе гӏоло. Гуржиязул ханасул гьариги къабул гьабун, рокъове щваравго, Абубакар-хӏажияс хвезегӏан чабхъеназде данде чӏун, гьел какун, гьезул мунагьалъул хӏакъалъулъ бицун, вагӏзаби гьарун, цеве вахъунев вукӏун вуго Магӏарухъ.\n1766-1767 соназда Абубакархӏажияв жиндирго Гӏаймаки росулъа гочана мадугьалихъ бугеб Гьаракӏуни росулъе. Гьеб иш ккана гьесул вас, гьунар бугев гӏалимчи, 25 сон барав Мухӏамад хун хадуб гӏемер заманго иналдего. Биценалда рекъон, 1763 соналда Гӏаймакив гьавурав Мухӏамадил вас, вукӏинесев кӏудияв гӏалимчи Сагӏидги каранде къан, ун вуго гьев Гьаракӏуниве. Гӏагараб росуги тун, цогидаб бакӏалде Абубакархӏажияв гочиналъе Нурмухӏамадил Мухӏамадица бачунеб буго гьадинаб гӏилла: «Цо нухалъ росулъ цо пуланаб берталъ Абубакар-хӏажиясул вас Гӏабдурахӏманил кӏалъай ккун буго мехтарал бихьиналгун ва гьеб сверула гъалмагъиралде. Гьаниб абизе ккола, гьел бихьинал рукӏанин Абубакар-хӏажиясул гӏагарал чагӏи. Гьелдаса хадуб гӏагарлъиялъулги гьесул хъизамалъулги гьоркьоблъи хола. Гьеб жеги хӏалуцине бокьичӏого, гьезда гьоркьоб дагӏба ккечӏого букӏине гӏоло, Абубакархӏажияс хӏукму гьабун буго хъизамгун цадахъ гӏагараб росу тезе ва жиндир лъадул Гьаракӏуниве росулъе гочине».\nГьерекӏдерица цӏакъ лъикӏ, ракӏ-ракӏалъ къабул гьавула Абубакархӏажияв, загьир гьабула гьесдехун жидерго хӏурматги квербакъиги. Гьеб заманалда Абубакар-хӏажиясул букӏана 53 сон. Гӏалимчиясе гьеб ккола жеги гӏолохъанлъиялъул гъира-рухӏ тӏаса инчӏеб, завалияб гӏумру. Балагьараб мехалда, чорхолъ витӏарав, рухӏалда бугев чиги вукӏун вуго гьев, гуревани кӏиго росдада гьоркьоб бугеб халатаб нухда кӏудияв васги ваччун инароан. Къадаралде щвезе жеги гьесие букӏана 26 сон, гьединлъидал гьесухъа бажарана цӏидасан жиндиргоги Сагӏидилги гӏумру гӏуцӏизе, рес бугеб магӏишат гьабизе, мадрасаги рагьун, цӏар рагӏараб гӏелмияб марказлъун гьеб лъугьинабизе. Гьесие кумекалъе къо бахъанагӏан гӏун вачӏунев вукӏана хадубккун кӏудияв инсул бакӏ кквезе вугев Сагӏидги.\nГъазигъумекиса Гӏабдурахӏманица жиндирго «Ракӏалдещвеязул тӏехьалда» хъвалеб буго: «Абубакархӏажияв ккола машгьурал дагъистаниял – правоведазул, Дагъистаналда бусурман маданият пропаганда гьабуразул цояв, шагӏир, мадраса гӏуцӏарав ва гьенир грамматикаялъул, хӏадис лъаялъул, пикъгьиялъул дарсал кьолев вукӏарав мударрис», – илан.\nАбубакар-хӏажиясул букӏун буго бечедаб, къиматаб библиотека. Гьениб букӏун буго квералъ хъвараб 70 хӏалтӏи, гьезда гьоркьор бусурман правоялъул, гӏараб мацӏалъул грамматикаялъул, иллагьияталъул, мантӏикъалъул ва цогидалги гӏелмабазул асарал. Гьединго гьениб букӏун буго живго Абубакар-хӏажияс цогидал хӏалтӏаздаса хъвараб 18 тӏехьги. Масала, Пахрудин ар-Разил (1150-1210) «Анвар ат-Танзил», Абу Исхӏакъ аш-Ширазил (1003-1083) «Шархӏ ат-Танбихӏ» ва ц.\nГӏараб мацӏалда гьабураб гӏалимчиясул адабияб ирс тематикаялъул рахъалъ буго батӏи-батӏияб. Гьев ккола тарихияб, пикъгьияб, этикиябгун ахлакъияб ва шигӏрияб тематикаялда тӏасан хъварал асаразул авторлъун. Гьезда гьоркьоса, хъвараб заманалъухъ балагьун, бищун некӏсияблъун кколеб буго, 1753 соналда Гӏахъуш росулъ гьес хъвараб «Васаил ал-лабиб гӏала падаил ал-хӏабиб» абураб хӏалтӏи.\nАбубакар-хӏажиясул гьунар букӏана гӏараб ва магӏарул мацӏазда шигӏру сокӏкӏине. Гьев ккола нилъер хъвавулаб адабияталъе кьучӏ лъурал авторазул цояв. Гӏажам алипалдаса пайдаги босун, гьес хъвана ва нахъе тана гӏезегӏан насихӏатал асарал. Магӏарул мацӏалда гьес сокӏкӏараб 13 шигӏрияб вагӏза тӏоцебе бахъана 1912 соналда Темир-Хан-Шураб, Мавраевасул басмаханаялда кӏутӏараб «Вагӏзабазул тӏехьалда» (данде гьабурав Чӏохъа Гӏабдула-хӏажияв). Магӏнаялъул рахъалъ гьел ккола исламияб диналъул нух кквезе халкъ ахӏарал асарал. Абубакар-хӏажиясул ахӏи къабул гьабуразда гьоркьор рукӏана, гьесдаса лъабкъоялда анцӏгогӏан соналъ хадуб шаргӏалъул нухдасан ине халкъ ахӏарал ва гьеб нухда цебехъанлъи гьабурал кӏудиял имамзабиги – Гъазимухӏамад, Хӏамзатбег, Шамил.\nАбубакар-хӏажиясул васасул вас Гьаракӏуниса Сагӏидица, вагӏзабазда жаниб бицунебщинаб жо Къуръанхӏадисалда данде кколеб букӏинги бихьизабун, кӏудияв инсул вагӏзабазе гӏараб мацӏалда хъван руго гӏатӏидал баянал. Балагьараб мехалда, квералъ хъван, цӏаларал чагӏаз, мутагӏилзабаз тӏиритӏизарулел рукӏун руго гьел магӏарул жамагӏаталда жанир.\nВагӏзабаздаса бихьулеб буго авторас гьел хъвазе байбихьун рукӏин XVIII гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда, ай гьев хӏежалдаса вуссараб, гӏакълу, пикру цӏубараб, дин чӏаго гьабизе ккеялда щаклъи гьечӏого ракӏчӏараб мехалъ. Вагӏзаби цӏалараб мехалда, бичӏчӏулеб буго гьеб заманалда, киналалиго гӏиллабазе гӏоло, магӏарухъ дин, рухӏияб дунял цӏакъго загӏиплъун, чучун букӏараблъи. Бачӏунеб буго суал, щай XVIII гӏасруялда, Дагъистаналъе къватӏисан хӏинкъи, зулмухӏал гьечӏеб заманалда, гьедигӏан цӏакъ гӏамал-хасият, ахлакъияб рахъ хисун букӏараб халкъалъул? Гьелъие гӏиллалъун букӏун батизе ккола магӏарул жамагӏаталъул жанисеб ахӏвал-хӏал. Амма ракӏчӏун абизе кӏола, Абубакархӏажиясул заманалъул гӏалимзабазул рухӏияб ирс лъазабизе рес щварабго, гьезул заманалда квералъ хъварал тӏахьазул тӏанчазул рагӏаллъабазда гьарурал яги жидецаго жалго бетӏергьанлъун тарал хъвай-хъвагӏаял данде ракӏарун, гьезул хӏасил гьабураб мехалда, гьелъие жавабги батизе бегьилин.\nАбубакар-хӏажияс тӏоцебесеб вагӏза хъваралдаса нахъе унеб буго гӏезегӏанго сонал. Чанги заман хисана, ана гьелдаса нахъе, батӏиял лъугьана гӏадамалги, амма вагӏзабазда жаниб бицараб жо, гьенир рорхулел ругел суалал хисичӏо, жакъаги кӏвар буго гьезул халкъалъе. Хасго гьаб заманалда, гӏадамасул напс пасалъулеб бугеб куц бихьараб мехалда, цебечӏолеб буго гьанжеги нилъер гӏумруялда жанир дандчӏвалел гӏунгутӏабазул, такъсиразул сурат ва гьелъ намус-яхӏ бугевщинав чи тӏамулев вуго пикру гьабизе, гьелда тӏад ургъизе. Жакъа гьев кӏудияв гӏалимчиясул вагӏзабазде тӏаде къулизе, гьел цӏализе, пикру гьабизе рес щвеялъ, нугӏлъи гьабулеб буго гьесул баракат нилъехъе тӏад буссунеб букӏиналъе.\nДагъистаналъул гӏелмуялъе, адабияталъе Абубакар-хӏажиясул вагӏзабазул кӏвар буго тарихиял документал хӏисабалдаги. Гьел ккола магӏарул хъвайхъвагӏай камиллъиялъул нухде бахараб мехалда хъварал, динияб адабияталъул тӏадегӏанаб даражаялъул асарал. Гьез магӏарулазул рухӏияб дунялалъе, адабияталъе, халкъалъул гӏакълу ва рукӏарахъин цебетӏезабиялъе гьабураб гучаб асар жеги лъазабун гьечӏо гӏелмуялъ, амма гьеб асар букӏана ва гьанжеги буго гӏемерго кӏудияб. Вагӏзаби гурони, тӏокӏаб щибниги батӏияб жо Абубакархӏажияс хъван букӏинчӏебаницин, гьев мустахӏикъав вукӏинаан магӏарул хъвавулаб адабият гӏуцӏиялъулъ гӏахьаллъи гьабурав, гьениб кӏудияб бутӏа лъурав гӏалимчи-хъвадарухъан хӏисабалда абадиялъ гӏагараб халкъалъул тарихалда жанив хутӏизе.\nЦӏех-рехаз бихьизабулеб буго, Абубакар-хӏажиясул гӏемерал асарал рукӏин гӏараб ва магӏарул мацӏазда хъварал, жеги гӏалимзабиги адабият бокьулелги жидеде тӏаде ккечӏел. Гьездаго гьоркьоб буго 1757 соналда, Гӏахъуш росдал мажгиталъул имамлъун ва мударислъун вугеб мехалъ гьес хъвараб «Аварагасул тӏадегӏанлъи» абураб тӏехьги. Гьенир руго Египеталъул гӏалимчи ва хъвадарухъан Жамалудин Суютиясул (1445-1505) тӏехьалъе кьурал баянал.\nМагӏарул церехъабаз, гӏалимзабаз халкъ диналде, шаргӏалде бачине гьабулеб букӏараб хӏаракатчилъи халат бахъана кӏудиял имамзабазул заманалде, Гъазимухӏамад-имамасул хӏаракатчилъи байбихьараб мехалде щвезегӏан. Гьеб мехалдаги тӏадецуй гьечӏого, бичӏчӏи гӏун, халкъ диналде буссун букӏинчӏо, жамагӏаталда жаниб гӏамал-хасияталъулъ чороклъи, риччарихъантей букӏана. Тӏадехун рехсохъе, годекӏабахъ букӏараб тӏасан рорчӏи, гъалмагъир жеги тӏагӏун букӏинчӏо. Шаргӏги билълъанхъизабун, имамзабазул хӏаракаталъ рес кьуна Дагъистаналъул гӏемерисел бакӏазда бусурман дин хӏалтӏизабизе ва щула гьабизе.\nГьаниб абизе бегьула Абубакархӏажиясги гьесул заманалъул диниял хӏаракатчагӏазги кьучӏ лъунин ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда ккарал кӏудиял, лъебергогӏанасеб соналъ халат рахъарал тарихиял лъугьа-бахъиназе. Дин цӏунизе, шаргӏ билълъанхъизабизе ккеялъул хӏакъалъулъ гьезул ахӏи рагӏана гъваридаб динияб лъай щварал, машгьурав гӏалимчиясулги гьесул васасул вас Сагӏидилги мадрасаялда цӏаларал, таваккалал, исламияб дин цӏуни ватӏан цӏуниялда бухьинабизе лъарал ва бажарарал рукӏинесел имамзабаздаги гьезда хадуб билълъараб гучаб гӏолохъанаб гӏелалдаги.\nАбубакар-хӏажиясул кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏине бегьула, магӏарул мацӏалъул тӏабигӏаталда, гьелъул тӏалабазда рекъон, гьелда жанибе гӏараб гӏелмияб терминология бачин ва гьеб хӏалтӏизаби. Гьелдалъун бечелъана магӏарулазул калам гуребги, миллияб маданиятги, адабиятги, гӏелмиял ва цогидал асарал хъваялъул хӏалбихьиги.\nГӏалимчиясул асаразул квералъ хъваралги цо чанго кагъатги цӏунун руго Тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул институталъул, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул квералъ хъварал асаразул фондалда, гьединго хасал библиотекабазда. Ахираб заманалда Дагъистаналъул гӏалимзабаз байбихьун буго Абубакар-хӏажиясул бечедаб ирс лъазабизе, гьелъие гӏелмияб къимат кьезе. Хъвалел руго диссертацияби, рахъулел руго тӏахьалги макъалабиги, гьеб ирсалъе сайигъат гьарурал.\nАбубакар-хӏажияв хвана 1791 соналда, 80 соналъул ригьалде вахарав чи. Гьев вукъун вуго гьерекӏдерил хабалалъ жиндирго васасул вас Сагӏидида аскӏов. Гьесул зонода хъван буго: «Къурайши насабалъул шайих, гӏарип, Хӏажи Абубакар гьавуна Гӏаймакив, гьижра гьабун, гӏумру гьабулев вукӏана Гьаракӏунив, хвана 1205 с. (1791 с.)», — илан.\nАхӏмад МУРТАЗАГӏАЛИЕВ"}
{"slug": "14798-bakhiarzal-rakialdeshchvezaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14798-bakhiarzal-rakialdeshchvezaruna", "title": "Бахӏарзал ракӏалдещвезаруна", "date": "2021-11-11 10:29:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Калининаул росулъ Реццалъул аллеялда хӏалтӏулаб борч тӏубалаго хварал МВДялъул хӏалтӏухъабазе «Борч, намус, бахӏарчилъи» абураб ракӏалдещвеялъулаб гӏаламат лъеялъул тадбир тӏобитӏана.\n«Жакъа нилъеца ракӏалде щвезарулел руго бахӏарчиго хварал. Нилъер росуцояз, вацаз гьарурал гьунарал бачӏунеб гӏелалъеги мисаллъун рукӏине ккола. Районалъул нухмалъиялъги нужее хӏажатаб кумек гьабизе буго», -ян абуна тадбир рагьулаго районалъул администрациялъул бетӏерасул заметитель Басир Нуцаловас.\nХъулухъалъулаб борч тӏубазабулаго бахӏарчиго хварал МВДялъул хӏалтӏухъабазул хъизамазе гӏарцулаб кумек гьабуна райадминистрациялъ. Калининаул росдал администрациялъул рахъалдаса 16 хъизамалъеги щвана гӏарцулаб кумек."}
{"slug": "14799-giolokh-abazul-khiarakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14799-giolokh-abazul-khiarakat", "title": "Гӏолохъабазул хӏаракат", "date": "2021-11-11 10:32:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул каналалъуре рортарал эбелги гьелъул лъабго лъимерги хвасар гьарурал полициялъул хӏалтӏухъаби кӏодо гьаризе руго.\nГьеб иш ккана гьал къоязда. Чӏужугӏаданалъ бачунеб букӏараб машина бортана КОРалъубе. Гьеб бихьарал, нухазда низам цӏунулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби Гӏабдула Мухӏамадовги Рустам Мухӏамадовги кумекалъе рортана. Гьезго хехаб кумекалъул машинаги ахӏана. Хадур гьел щвана жидецаго хвасар гьаюрай гӏаданалъухъе рокъореги. Гьелъги гьелъул инсуцаги гьара-рахьиги гьабун, разиго къабул гьаруна гӏолохъаби.\nГьединабго бахӏарчияб иш гьабуна нилъер ракьцояз гьал къоязда Калининград областалъул Балтийск шагьаралдаги.\n26 октябралда, газги кьвагьун, цӏа ккана гӏемертӏалаяб минаялъуб. Гьебсагӏат балагьаб иш ккараб рокъоре кӏанцӏун, эбелги кӏиго гьитӏинаб лъимерги хвасар гьаризе рортана Пирмухӏамад Хӏусеновги Ражаб Ризвановги. Гьел ккола Балтийск шагьаралда, контракталда рекъон, рагъулаб хъулухъ тӏубалел ругел нилъер ракьцоял.\nМЧСалъул хӏалтӏухъаби тӏаде щвезегӏан тӏасияб тӏалаялдаса гӏумру гьабун ругел жеги кӏиго чӏужугӏаданги, лъабго херал чагӏиги хвасар гьаруна гьелго гӏолохъабаз."}
{"slug": "14800-sagiaduev-tsiiyab-kh-ulukh-alde-tiamuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14800-sagiaduev-tsiiyab-kh-ulukh-alde-tiamuna", "title": "Сагӏадуев цӏияб хъулухъалде тӏамуна", "date": "2021-11-11 10:34:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул Динияб идараялда цӏигьабуна рекъелгун маслихӏат гьабиялъул отдел. Гьелъул нухмалъулевлъун тӏамуна Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамлъун гӏемерал соназ вукӏарав М у х I а м а д р а с у л -х I а ж и Сагӏадуев.\nЩибаб къоялъ жидерго къварилъи-гӏатӏилъигун гӏемерав чи вачӏуна Динияб идараялде. Хъизамалда, гӏагарлъиялда гьоркьоб ракӏсукӏи ккарал, гӏарац сабаблъун ракӏбакъвай щварал ва хӏатта чӏвай-хъвеялъул суалазцин вачӏунев чи камуларо гьениве.\nГьенирги гӏемер ратула тӏуразе цӏакъго захӏматалин ккарал суалал. Гьединлъидал цӏакъ хӏажалъи буго жакъа ракълил ва маслихӏаталъул ишазда хурхун хӏалтӏи гьабулеб отделалъул.\nМухӏамадрасул Сагӏадуевги малъун, жеги ункъо чи вуго гьеб отделалда. Кинабго хӏалтӏи цоцазда дандги бан, лъутӏа-къотӏун хӏукму гьабизе буго маслихӏаталъул отделалъ."}
{"slug": "14801-burtabazul-zigara", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14801-burtabazul-zigara", "title": "Буртабазул зигара", "date": "2021-11-11 10:35:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Болъихъ районалъул Рахатӏа бугеб буртабазул фабрикаялъул иш рес къотӏараб хӏалалде кколеб бугин лъазабуна гьелъул нухмалъулев Гӏали Мухӏамадовас.\n-Гӏолохъаби гьенире хӏалтӏизе рачӏунел гьечӏо. Цебе лъабнусго чи хӏалтӏулев вукӏараб фабрикаялда жакъа хутӏун вуго къогогӏан чи, гьелги руччаби.\nТӏадежоялъе, фабрикаялъул къайи-цӏа хисичӏогоги бана гӏемераб мех, техника басралъун буго. Гӏолохъабазе бокьулеб гьечӏо гьенир хӏалтӏизе, росу тун шагьаразде гочунел руго, -ян абуна фабрикаялъул нухмалъулес.\nАмма гьадин хутӏизе гӏадаб фабрика букӏинчӏоха гьеб. Советияб заманалда, цохӏо нилъерго улка гуребги, къватӏисел пачалихъалги буртабаздалъун хьезарулаан гьелъ. Жакъайин абуни… Буртабаздаса инкар гьабун гӏадатияб, хинаб ретӏелго тӏасабищулеб буго гӏухьбузги.\nБолъихъ районалъул Рахатӏа буртаби гьарулеб фабрика рагьана 1926 соналъ. Мугӏрузул Дагъистаналда рикӏкӏунел предприятиязул цояб букӏана гьеб доб мехалда."}
{"slug": "14802-rok-osango-tsiali-bukiine-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14802-rok-osango-tsiali-bukiine-gechio", "title": "Рокъосанго цӏали букӏине гьечӏо", "date": "2021-11-11 10:37:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Школлъимал рикӏкӏадасан цӏалулеб низам лъазабизе гьечӏин абуна республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас. Коронавирусалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине, 10 ноябралда ахӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда абуна гьес гьедин. Цӏакъго рес къотӏараб хӏал ккани гурони рокъосанго лъимал цӏалулеб низамалде рачӏине гьечӏо.\nПандемиялда сверухъ ахӏвал-хӏал цӏакъго гӏорхъолъа борчӏараб куцалда гьечӏин бицана С. Меликовас.\n-Нилъер республика гьабсагӏат буго ковидалъ унтаразул къадар бищун дагь бугел регионазда гьоркьоб. Гьелъ дагьаб парахалъи рещтӏанин абизе бегьула. Амма нилъ цӏодорго рукӏине ккола. Унтаразул къадар, сахлъун больницаялдаса къватӏире риччараздаса цӏикӏкӏун бугелъул, -ин абуна бетӏерас.\nГьединго ДРялъул бетӏерас данделъиялда абуна QR-кодалъул низам хӏалтӏизаби халат бахъине бугиланги. Гьеб код бихьун гурони, чӏахӏиял дармил рукъзабахъе ва гӏемерал гӏадамал ракӏарарал бакӏазде риччазе гьечӏин лъазабун букӏана октябрь моцӏалъул ахиралдаго. Амма гӏадамал рази гьечӏо гьеб низам хӏалтӏизабулеб къагӏидаялдаса. Данделъабазде ва цогидал бакӏазде код бихьун гурони риччалел гьечӏин, амма, мисалалъе, бугӏун цӏураб маршруткаялда жаниб гьеб низам цӏунулеб бугищ-гьечӏищали хал гьабулев чиго вукӏунарин хъвалеб буго гӏемерисез социалиял гьиназда."}
{"slug": "14803-koronavirus-va-insanasul-ikhtiyaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14803-koronavirus-va-insanasul-ikhtiyaral", "title": "Коронавирус ва инсанасул ихтиярал", "date": "2021-11-11 10:42:17", "categories": ["med"], "text": "Коронавирусалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе унеб буго кӏиго соналдасаги цӏикӏкӏун заман. Гьелъ лъалаго хисизабуна нилъер гӏумру: доре-гьанире ине, сухӏматал гьаризе гьукъана, къана гӏорхъаби. Гьеб киналъго рачана инсанасул ихтиярал мукъсан гьариялде. Экспертазул баяназда рекъон, 2020-2021 соназда бищун гӏемер хӏалтӏизарулеллъун ккана «вакцинация», «самоизоляция», «маска» ва «перчатки» абурал рагӏаби.\nГьеб хӏинкъиялдаса халкъ цӏуниялъул мурадалда Россиялда гӏуцӏана хехал тадбирал. Гьелъие нугӏлъи гьабула дунялалъулго статистикиял баяназги. Хӏукуматалъ гьарулел тадбиразул рахъккуна улкаялъул гӏемерисел гӏадамаз.\nУнти тӏадецуялъул хӏасилалда инсанасул сахлъи цӏуниялъулъ ругел ва Россиялъулгун Дагъистаналъул Конституцияз чара гьечӏого тӏуразе кколин абулел ихтиярал пачалихъалъ хъущтӏизаруна хӏалтӏи кьолезулги жалго гражданазулги гъуждузде. Жакъа нилъеда киназдаго бичӏчӏулеб буго, гьединаб хӏинкъи цӏикӏкӏараб унтигун инсаният жеги дандчӏван букӏинчӏеблъи. Лъалароан гьеб инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ, гӏасрабаз гӏуцӏун лъугьараб, универсалияб къагӏидаялдаги. Россиялъул ракьалда инсанасе гӏумру гьабизе бугеб ихтияралъе хӏинкъи букӏана гӏицӏго рагъул заманалда.\nГьединлъидал коронавирусалъул пандемиялъ щакдаризе тӏамуна улкабазул экономикиялгун политикиял системабазде гуребги, инсанасул аслиял ихтиярал цӏуниялдеги. Инсанасул ихтиярал ккола, 70 сонил болжалалда жаниб инсан вокьиялъул кьучӏалда дунял гӏуцӏизе квербакъараб, кӏудияб жамгӏияб бергьенлъи. Гьел ихтияразул цо пуланаб бутӏа бараб буго нилъеда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалда -халкъ махӏрумлъизехъин буго гӏумру гьабизе бугеб ихтиярдасагицин.\nПандемиялде данде къеркьеялъул мурадалда тӏолабго Россиялдаго гӏадин Дагъистаналдаги къабул гьарурал нормативиялгун правоялъул документазул хӏисаб гьабидал, бихьулеб буго, инсанасул ихтиярал дагьлъизариялъул рахъалъ нилъер нухмалъиялъ къабул гьарурал хӏукмабазе юридикияб кьучӏ бугеблъи. Гьел федералиял законазда рекъезарун хиса-басиял гьарулел руго нилъер республикаялдаги. Гьединаб заманалда нухмалъулезе щолеб хасаб ихтиярги кьочӏое босун, цо-цо нилъерго ругел ихтияраздаса заманалда махӏрум гьаруна дагъистаниялги. Гьединаб ахӏвал-хӏалалде ккараб мехалда, цӏакъго кӏвар бугеб суаллъун лъугьуна гражданазул ихтиярал ва гӏадамазда тӏадал ишал рекъа-решон данде ккезариялъул масъала. Гьединал шартӏазда нилъедаги, ай гражданазда, битӏун ричӏчӏизе ккола хӏукуматалъ гӏуцӏулел тадбиралги гьезул мурадалги.\nГьединал тадбирал гӏуцӏиялъе правоялъулаб кьучӏлъун буго 1995 соналъул 21 декабралда къабул гьабураб «Тӏабигӏияб ва техногенияб хасияталъул тӏасан борчӏараб хӏал ккараб мехалда халкъги ракьалги цӏуниялъул хӏакъалъулъ» абураб №68 федералияб закон.\nИнсанасул ихтияразе батӏи-батӏияб асар гьабуна COVID-19 тӏибитӏунгутӏиялъул мурадалда гьарурал хасал тадбираз. Гьеб асаралъул даража-къадар кинаб букӏарабали чӏезабуна Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулги инсанасул ихтиярал цӏуниялъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Советалъ (СПЧ). Гьеб хӏалтӏул хӏаракаталъул хӏасил СПЧялъул вакилзабаз цебе лъуна «Инсанасул ихтиярал цӏуниялъул кьучӏалда эпидемиялъул дарсал» абураб доклад гьоркьоб лъураб данделъиялда.\nТӏолабго дунялалдаго гӏадин, жакъа нилъеда цебеги чӏун буго аслияб мурад – гӏемерисеб халкъалъул сахлъи цӏуни. Гьеб мурад ккола, инсанасул ихтиярал цо къадаралда мукъсанлъизариялъул мурадалда, власталъ цӏиял тадбирал лъазариялъе аслияб гӏиллалъунги. Гьединлъидал абизе бегьула, жакъа нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунеб ахӏвал-хӏалалда республикаялъул идарабаз гьарулел тадбирал руго нилъер бищунго къиматаб бечелъилъун кколеб жамгӏияб сахлъиялъе бугеб хӏинкъиялдаса цӏуниялъул мурадалда гьабулеб хӏаракат бугин абун. Гьеб рахъалдасан борцани, битӏараблъун рикӏкӏуна власталъул хӏаракатги. Ругищ гьеб хӏалалда рукӏаго, нилъерго ихтияраздаса нилъ махӏрум гьариялъул хӏужаби? Гьайгьай, руго, амма суал бачӏуна: ихтияралищ, гӏумруйищан абураб.\nГьел тадбиразул кӏвар жеги цӏикӏкӏуна, коронавирусалъул пандемиялъул заманалда хехго унтиялъе рес бугел къапилабазул хӏисаб гьабуни: рокъобе цӏакъго дагьаб гурони харж бачӏунарел хъизамал, сакъатал гӏадамал, янгъизго хутӏарал, ригь арал, ва чидар кумек гьечӏого тӏубаларел гӏадамал. Гьезие къваригӏарабщинаб жо чӏезабиялда цадахъго пикру гьабизе ккола гьезул сахлъиялъе зарал ккунгутӏиялъулги.\nГьелъул мурадалда ва цебеккун рехсараб №68 федералияб законалда рекъон, Дагъистан Республикаялда коронавирусалъул унти тӏибитӏунгутӏизе 2020 соналъул 18 марталда ДРялъул бетӏерас гъулбасана «Тӏадегӏанаб хӏадурлъиялъул режим билълъанхъизабиялъул хӏакъалъулъ» абураб №17 указалда. Амма араб соналъул маялде республикаялда букӏана цӏакъ хӏалуцараб ахӏвал-хӏал. Унти гӏемер тӏибитӏиялъул рахъалъ цере ругел регионазда гьоркьоб щуабилеб бакӏалда букӏана Дагъистанги. Гьелда бан, улкаялъул президентас тӏобитӏана Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицараб хасаб данделъи. В. Путинил тӏадкъаялда рекъон, Россиялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ хӏадурана Дагъистаналда коронавирусалде данде къеркьеялъул хасаб план, ва Оборонаялъул министерствоялъ республикаялда базе байбихьана медицинаялъул центр.\n2020 соналъул 23 октябралда бахъана «ДРялда коронавирус тӏибитӏунгутӏиялъул мурадалда тӏадеги тадбирал гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ» абураб ДРялъул бетӏерасул № 96 указ. Гӏуцӏана гьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабулеб оперативияб штабги. Гьединаб ахӏвал-хӏал ккеялъул рахъалъ бугеб жавабчилъиги бичӏчӏун, Дагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министрас гьарана жив хъулухъалдаса эркен гьавейилан абун. Дир гӏумруялда тӏоцебесеб нухалда ккана гьединаб бахӏарчияб хӏужа – жиндиего бокьун министрас хъулухъ тей.\nЦереккун рехсарал тадбиразул хӏасилалда гӏезегӏанго лъикӏлъана республикаялда букӏараб ахӏвал-хӏал. Амма гьабсагӏаталдаги хӏалуцунеб буго иш. Жакъаги нилъер республика буго гьеб квешаб унти хехго тӏибитӏулел ругел цогидал субъектазда гьоркьоб. Нилъеда бичӏчӏулеб гьечӏо унтиялъул квешлъи, гьелъул хӏиллаялъ нилъее гьабизехъин бугеб заралги ккезехъин ругел камиялги. Гьурмада маска ххоларо, гӏемер чи данделъарал тадбиразулъ гӏахьаллъула, диниял ва рукӏа-рахъиналъул тадбирал тӏоритӏула ва гьелдаго цадахъ унтиги тӏибитӏула. Гӏицӏго гьединал тадбирал дагь гӏуцӏиялъулцин кӏудияб кӏвар буго унтиялдаса хвасарлъиялъе. Жакъа хӏажат буго, киналго цадахъ рахъун, вирусалъулаб бахунеб унтиялдаса цӏунизе хӏаракат гьаби, тохтурзабаз рихьизарулел тӏалабал, вакцина гьабиялде гӏунтӏун, мухӏканго тӏуразари. Киназулго хӏаракатги цолъизабун, данде рахъинчӏони, гьеб тушманалъукьа бергьинехъин гьечӏо нилъ.\nЗ. ИЛЬЯСОВ,\nДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул\nихтиярал цӏуниялъул рахъалъ советалъул председатель"}
{"slug": "14806-giodov-kkarav-vukhularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14806-giodov-kkarav-vukhularo", "title": "Гӏодов ккарав вухуларо", "date": "2021-11-11 10:49:04", "categories": ["obshestvo"], "text": "Риччанте нилъер\nлъимал рукӏине лебалал,\nБиччанте гьез цӏунизе\nДагъистаналъул къадру.\nРасул ХӏАМЗАТОВ\n«Гьоболас къалеб бакӏ къазе кколаян» абула магӏарулаз. Чӏахӏиязул гӏакълу-малъиялда рекъон, гьоболасул букӏине ккола хӏалимаб, гӏемер кӏалъалареб хьвада-чӏвади. Яхӏ-намус тӏагӏинлъун рикӏкӏунаан чияр ясазухъ балагьицин.\nЦебе годекӏабахъ гӏолилазе щолаан яхӏ-намусалъул, захӏмат бокьиялъул, къо хӏехьеялъул дарсал. Гӏумруялъул хӏалбихьи щварал харабаз кьолаан гӏакълу, бицунаан гӏадатазул, бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ.\nМугӏрузул улкаялъул гӏолохъабаз бахӏарчиго цӏунана гӏагараб ватӏан; напсияб мурад цӏехечӏого, гьабула загӏипазе кумек; жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, хӏажаталъуб къурбан гьабула жидерго гӏумру; заман цӏехечӏого рахъуна къваригӏарасе хӏалае.\nДагъистаниял —\nгьаб заманалъул бахӏарзал\nНилъ рохизе ккараб хӏужа буго Дагъистан унго-унгоял бахӏарзаздалъун бечедаб букӏин. СМИяздасан гӏемер бицуна, чияр чагӏи хвасар гьарулаго, жидерго гӏумру къурбан гьабурал нилъер ракьцоязул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Масала, 2017 соналъул 29 июлалда Москваялъул Серебряный Бор абулеб пляжалда, Салахӏбеков Рашидица жиндирго гӏумру кьуна лъелъ гъанкъулей йикӏарай яс хвасар гьаюлаго.\n2013 соналъул ункъабилеб июналда Москва областалъул Звенигород шагьаралъул Москва-гӏурул рагӏалда хӏухьбахъиялда вукӏарав Махӏачхъалаялдаса 24 сон барав Рахӏметов Маратида рагӏана, кумек гьабеян, лъелъ гъанкъулел ясазул ахӏи балел гьаркьал. Марат векерана гьел хвасар гьаризе. Гьес хвасар гьаюна гъанкъулей йикӏарай Юлия Аникеева ва Репсиме Керогян, амма чорхол тату хун букӏиналъ, жиндаго бажаричӏо лъелъа къватӏиве вахъине.\nГьебго соналъул ноябралда Дагъистаналъул боксалъул команда бачӏана Хабаровскиялде, Россиялъул чемпионаталде. Жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, цӏа рекӏараб трамваялдаса къватӏире рахъана гьез гӏадамал.\n2015 соналда Санкт-Петербург шагьаралъул Бергьенлъиялъул Паркалда Буйнакск шагьаралдаса Вагьабов Шамилица хвасар гьаюна 28 сон барай яс Кристина. Хадуб гьелъ жиндирго блогалда хъвала: «Дун гурейги, дир ясги хвасар гьаюна гьес. Шамилица дида бихьизабуна жиндирго лъикӏлъи ва рухӏияб цебетӏей», -ан.\n2015 соналъул маялда Курах районалъул рохьихъан Зайнудин Батманов, ракӏалдаго гьечӏого, ккана балагьаб лъугьа-бахъиналъул нугӏлъун. Хъачагъаз гъоркьлъалие росун рукӏана рос-лъадиги лъабго моцӏ бараб лъимерги. Батмановас такъсирчагӏи разилъизаруна, жиндихъ хисун, гъоркьлъалие босараб хъизам эркен гьабизе. Жидее бокьараб гьабичӏин абун, Зайнудин чӏвана хъачагъаз. Гьеб бахӏарчилъиялъе гӏоло мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчиясул тӏадегӏанаб цӏаралъе.\nЧӏегӏераб тӏанкӏ лъурал\nИсана 4 октябралда Москваялъул метроялда ахӏи-хӏуралда ругел дагъистаниязе пуланай ясалъ бадибчӏвай гьабидал, гьезул цояс гьелда хъубаб рагӏи абула. Роман Ковалев абулев гӏолохъанчи ясалъе хӏалае вахъуна. Жидее бадибчӏвай гьабунин абун, гӏолохъабаз гьев вухула.\nБицинин гьединал гъалмагъирчагӏазе Чачаналда гьабулеб тамихӏалъул хӏакъалъулъ. Чачан республикаялъул нухмалъиялда лъан, Россиялъул регионалда кинабгӏаги къадараб хьвада-чӏвади гьабуни, гъалмагъирчагӏи чара гьечӏого кьварараб тамихӏалде цӏала. Гьел ахӏула Чачаналде ва, гӏагарал чагӏигун цадахъги рачӏун, гьез гьарула тӏаса лъугьаян. Гьениб гьезда бичӏчӏизабула «гьез жидерго халкъ суризабулеб букӏин» ва чачаназул гӏадатал хвезарулел рукӏин.\nЧӏужугӏаданалъул къадру-ас цӏуни Дагъистаналда рикӏкӏуна бихьинчиясда тӏадаб борчлъун. Гьелъухъ шапакъатал рукӏине кколин абунги гьез рикӏкӏунаро. Гӏажаибаб жо, метроялда дой ясалъе хӏалае вахъанин абун, Россиялъул Цӏех-рехалъулаб комитеталъул председатель Александр Бастрыкиница лъазабуна Роман Ковалевасе «Доблесть и отвага» абулеб медаль кьеян.\nВоронеж областалъул хӏукуматалъ абуна, губернаторасул цӏаралдасан Ковалевасе шапакъат кьезеги сахгьавиялъе гьесие кумек гьабизеги кколин абун. Москваялъул мэр Собяниница буюрана, Ковалевасе кӏиго миллион гъурущ кьеян. Гьаниб бачӏунеб буго суал: кьвагьараб яги цӏа рекӏараб автобусалдаса гӏадамал хвасар гьарурал чагӏазул бахӏарчилъи Ковалевас гьабуралдаса гьитӏинабищ бугеб?! Гьечӏо, амма Ковалевас гьабураб иш бихьизабуна Россиялъул аслиял телеканалаз ва, гьеб ахӏвал-хӏалалдаса пайдаги босун, хӏакимзабазе бокьана, хӏукуматалъул хӏисабалдасан, жидеего реклама гьабизе.\nГӏолилазде хитӏаб\nРоссиялъул бокьараб регионалда яги дунялалъул батӏияб улкаялда, ай кир рукӏаниги, батӏалъи гьечӏо, Дагъистаналъул гӏорхъи бахъарабго, нуж ккола Мугӏрузул улкаялъул вакилзаби. Нужер гӏамал-хасияталъухъ, хьвада-чӏвадиялъухъ, лъикӏлъи-квешлъиялъухъ балагьун кьола Дагъистаналъеги дагъистаниязеги къимат. Тӏехӏаб чахъдаца рехъен хвезабулаян абухъего, Москваялъул метроялда рагъарал гӏолилаз чӏегӏераб тӏанкӏ лъуна Дагъистаналъул гьурмада. Гьединал чагӏазул «баракаталдалъун» нилъер гӏолилал цӏализе росулел гьечӏо Россиялъул тахшагьаразул цо-цо вузазде. Гьеб гуребги, нилъехъе рачӏине нигаталда ругел туристалги, инвесторалги, спортсменалги нусго нухалъ ургъиларищ, жидер гӏумруялъе Дагъистаналда хӏинкъи букӏине бегьулин абун.\nЦебе рогьолъун рикӏкӏунаан, вагъулаго гӏодов ккарав чиясде квер борхи. Пайда щиб, жакъа нилъер гӏемерисел гӏолилазул яхӏ-намусалда кьаву чӏван буго. Къо-асс бугел, рижи берцинал гӏолохъаби ратизе, къад чирахъ бакун ралагьаниги, захӏмат буго. Тӏоцебесеб иргаялда гьеб ккола эбел-инсул, хадуб школалъул ва жамгӏияталъул гӏайиб.\nРачӏа нилъерго умумузул лъикӏал гӏадаталги цӏунун, гӏолеб гӏелалъе битӏараб тарбия кьей букӏинабизин.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "14807-botsii-giemerl-ana-khur-tsiun-bachiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14807-botsii-giemerl-ana-khur-tsiun-bachiana", "title": "Боцӏи гӏемерлъана, хур цӏун бачӏана", "date": "2021-11-11 10:54:19", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Хасалихъе байбихьула хӏисаб гьабизе, рикӏкӏине, нахърателал гьаризе. Гьедин гьабулеб буго исанаги Казбек районалъул хурухъабазгун боцӏухъабаз. Абизегӏан гӏемер гьечӏо гьезул бекьулеб ракь -8500 гектаралдецин бахунаро. Гьелда гьоркьоса 2030 гектаралда рекьун рукӏана хаслихъе хьалел могьолал культураби. Гьелда гьоркьоса 1850 гектаралъул щибалдаса бакӏарана 26,3 центнер ролъул, кӏикъоялда щу-щу центнер бакӏарана 400 гектаралда бекьараб цӏоросаролъул, 327 тонна бакъдебуссалъул, 400 гектаралдаса бакӏарана 6000 тонна картошкадул. Ахихъабаз бакӏарун базаразде бичизе битӏана гӏага-шагарго 1700 тонна гӏечул, генул, кокамалъул ва 800 тонна цӏолбол. Исанасел хӏалтӏул хӏасилазухъ рецц-бакъалъе мустахӏикълъана овощал гӏезарулелги. 220 гектаралдаса гьез бакӏарана 5800 тонна охцеразул, помидоразул, хъапустӏаналъул, ламадуралъул, картошкадул. Бергьенлъиялдалъун рагӏалде бахъулеб буго исанасеб росдал магӏишаталъулаб сон пиринчӏ гӏезабулезги. 510 гектаралдаса 2040 тонна пиринчӏалъул бакӏарана. Лъикӏ хӏалтӏана боцӏухъабиги.\n-Росдал магӏишаталъул лъагӏалил хӏасилаздаса разиго руго, -ян бицана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» СПКялъул нухмалъулев Изамодин Шамирзаевас. – Бекьулеб 1143 гектар ракьалъул 525 гектаралда хаслихъе рекьарал могьолал культурабазул бакӏарана ва цагърахъе бана 1627 тонна. Араб соналъул хӏасилазде дандеккун гьеб буго 362 тоннаялъ цӏикӏкӏун. Щибаб гектаралдаса щун буго 31 центнер. Лъикӏал хӏасилал рихьизаруна гӏи-боцӏуе хасалие рагӏи-хер хӏадур гьабулезги. Щварал бергьенлъабазда гӏей гьабун чӏезе ракӏалда гьечӏо росдал магӏишаталъулгун производственнияб кооперативалъул хӏалтӏухъабазда. Бачӏунеб соналъги бачӏин бечедаб букӏиналъе гӏоло, хаслихъе хьалел могьолал культураби жиндир заманалда рекьана.\nБоцӏухъанлъиялъул бутӏаялда лъикӏал хӏасилалгун хӏалтӏулел руго «Багӏараб Октябрь» кооперативалъул гӏухьбигун дояркаби. Гьезул буго 433 чӏегӏерхӏайван, гьездаго гьоркьоб 183 гӏакаги. Гӏи-цӏцӏаназул къадарин абуни 8000-ялде бахун буго. Исана дояркабаз бечӏчӏун буго 385 тонна рахьдал, гьан бичиялъул рахъалъги багӏараб байрахъулаз мустахӏикъал бергьенлъаби росун руго 248 тонна гьаналги бичун.\nАлмахъалдаса Салман Набиевас гӏуцӏараб магӏишаталъулги хӏалтӏухъаби хӏалтӏулел руго лъикӏ. ООО «Алмахъ» гӏуцӏиялъул буго 3700 лемаг, 400 чӏегӏерхӏайван.\nХӏалтӏул лъикӏал хӏасилазе гӏоло районалъул росдал магӏишаталъул церехъабазда гьоркьоб цӏар хъвазе мустахӏикъал руго Керим Гӏалижановасул магӏишаталъул хӏалтӏухъабиги. 2019 соналда гьеб магӏишат ДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъ гӏуцӏараб конкурсалдаги бергьун, хасаб гранталъе мустахӏикълъана. К. Гӏалижановас бицана лъикӏал хӏасилазухъ жал мустахӏикълъанин Хӏурматияб грамотаялъегиян.\nГьал къоязда «Гертма» кооперативалда хӏалуцараб хӏал буго. Тӏадбан унеб буго тӏорщел бакӏариялъул хӏалтӏи. Гьеб кооперативалъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Мусаевасас бицухъе, 43 центнер пиринчӏалъул бакӏарулеб буго 310 гектаралъул щибалдаса. Гьеб буго гъоркьиса букӏаралдаса 18 проценталъ цӏикӏкӏун. Бечедаб бачӏин бакӏарана хаслихъе рекьарал могьолал культурабазулги.\nГирай ХӏАЙДАРОВ"}
{"slug": "14847-tsialdokh-abaz-butsitsiarab-talikhial-ul-gogomiyal-uk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14847-tsialdokh-abaz-butsitsiarab-talikhial-ul-gogomiyal-uk", "title": "Цӏалдохъабаз буцӏцӏараб талихӏалъул гьогьомиялъукь", "date": "2021-11-15 09:35:43", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Унго-унгоги, гьаб ракьалда ругелщинал лъикӏал гӏадамал. Гьединаз гурищ дунялго ккун бугеб. Гьезул лъикӏлъиялъ кӏигъеж гьабун баччун букӏуна гӏумруялъул кинабго захӏмалъи. Гьединал рихьидалги, гьезул- гун лъай-хъвай ккедалги, гьезул бицунеб рагӏидалги, кидаго ракӏалде рачӏуна Ф. М. Достоевскиясул «Берцинлъиялъ хвасар гьабула дунял» абурал рагӏаби. Щиб лъалеб, гьесги бицунеб букӏун батила рухӏияб бер- цинлъиялъул хӏакъалъулъ. Нилъер щивасул къисматалдаги нур базабун букӏуна гьединал гӏадамаз. Гӏажаибаб парахалъи лъугьуна, гьел нилъер гӏумруялъулъе рачӏиндалги. Гьеле гьединазул цояйлъун ккола Индира Хӏажароваги. Индира хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул № 11 гимназиялда инфор- матикаялъул учительлъун. Гьединго гьей ккола Махӏачхъалаялда бу- геб рикӏкӏадасан сакъатал лъимал цӏализариялъул республикаялъулаб централъул учительги. Дунги Индира Мухӏамадовнаги цадахъго гӏадин рачӏана гьеб школал- де хӏалтӏизе. Бачӏинахъего дир рекӏелъ йосана гьей. Бокьана лъай-хъвай гьабизеги. Лъай-хъвай щула гьабизе, гьоболлъухъги ахӏана гьелъ дун. Дида гьей лъала лъикӏай магӏарулай хӏисабалда — магӏарул гӏумруялъеги, тарбиялъеги, гӏадатал-гӏамалазеги мукӏурай чӏужугӏадан. Гьелъулъ гурищ бачун бугеб магӏарул чӏужугӏаданалъул берцинлъиги. Амма дида лъалейго йикӏун гьечӏо гьей, учитель хӏисабалда.\nГьаб гурищ учителасул талихӏ\nДагьал церегӏан къояз социалиял гьиназдасан лъана Индира Мухӏамадовнаялъ Майкопалда босараб бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьей гӏахьаллъун йиго Россиялъул югалъул математикаялъул учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб ункъабилеб творческияб конкурсалда ва ккун буго тӏоцебесеб бакӏ. Индирада бергьенлъи баркизе щвана гьелъухъе. 1983 соналда Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росдал школаги лъугӏизабун, Индира цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъ- ул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде. Гьений цӏалулагоги, гӏолилалъ бихьизабуна жиндирго пагьму-гьунар – гӏахьаллъулаан институталда тӏоритӏулел гӏелмиял конференциязда, цее яхъунаан докладалгун, жиндирго цӏирагьиялгун. Чанго нухалда гӏахьаллъана цогидал регионазда тӏоритӏулел студентазул данде- руссиназдаги.\nКидаго — цебесеб кьерда\nИндираца институт лъугӏизабуна багӏараб дипломалда. Гьелда абулеб букӏана гьенийго хӏалтӏизе чӏайилан. Амма чӏужугӏаданалъе кидаго аслияблъун ва тӏоцебесеб бакӏалда букӏана хъизан-рукъ. Росас тӏаса бищана росу. Ва Индира гьесда цадахъ тӏад юссана гӏагараб росулъе. Хӏалтӏана гьений 19 соналъ. Гьелгощинал саназ гьелъ къватӏире риччарал цӏалдохъабаз жакъаги кьола Индирае баркала. Гьелъие нугӏлъи гьабула учителалъухъе рачӏунел рукӏарал цӏалдохъабазул кагътазги, баркиязги, адабалъги. Гьанжеяли кинабго социалиял гьиназдасан букӏунелъул, дие асар гьабуна учителалъухъе рачӏарал церегосел тӏогьиллъарал кагътаз. Гьелъулъ гурищ бугеб учителасул талихӏ — цӏалдохъабаз кьолеб баркалаялъулъ. Къиматаб хазина гӏадин, цӏунун ругоан учителалъ гьел. Гьале открыткабиги… — Зама-заманалдасан, гӏолиллъиялъухъ гьоболлъи базе урхъарал лахӏзатаз, дица цӏидасанги цере рахъула дие хазиналъун лъугьарал дирго цӏалдохъабазул кагътал. Гьездасан бачӏунебщинаб хинлъилъ цӏола ракӏ. Сверухълъиго гвангъизабураб гӏадаб асар гьабула дие. Цӏалула, цӏалула ва цоги нухалдаги цӏалула. Щивав цӏалдохъанасул сипатги бачӏуна цебе. Гьезул жавабалцин ракӏалда руго, — ян абуна Идираца. Рихьана гьелъ цадахъ рахъарал сураталги. Гьезул щивасул къисматалъулги бицана гьелъ дие. Гьединаб буго Индирал учителасулаб талихӏ. Гьеб талихӏалъул гьогьомиялъулъ жакъа къоялъги хӏухьбахъулеб буго учителалъ. Индира Мухӏамадовна санайил гӏахьаллъула шагьаралда тӏоритӏулел математикаялъул учительзабазул творческиял къецазда. Ва кидаго ккола цересел бакӏалги. Гьаб нухалдаги гьедин ккана. Цин — шагьаралда, цинги – республикаялда ва хадубги — Россиялъул югалъул учительзабазда гьоркьобги. Исана гьей гьединго гӏахьаллъана Нижний Новгородалда тӏобитӏараб «Учитель ва гӏелму» абураб учительзабазул форумалда. Гьенир гӏахьаллъун руго Россиялъул 30 регионалдаса учительзаби. Гьеб тадбиралда гӏахьаллъун вуго Россиялъул просвещениялъул министр Сергей Кравцовги, вузазул ректоралги, РАНалъул президент Александр Сергеевги. — Дун цӏакъ йохана гьениб гӏахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Лъай-хъвай ккана Россиялъул цогидалги регионаздаса учительзабазулгун, бицана цоцазе жиде-жидер хӏалбихьиязулги. Министрасги кӏудияб кӏвар кьун бицана Россиялъул лъай кьеялъул букӏинеселъул хӏакъалъулъ. Россиялъул президентас бачӏунеб сон лъазабун буго Гӏелмуялъул сонлъун. Гьелъие сайгъат гьабураб букӏана гьеб форумги. Цӏалдохъанги, учительги, гӏелмуги – гьеле форумалъул аслияллъун рукӏарал суалал, — илан бицана Индираца. Индира Мухӏамадовна ккола педагогикиял гӏелмабазул кандидатги, Россиялъул Лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъанги, тӏаса бищараб махщалие ритӏухъай учительги. Гьездаго хьолбохъ Индира Хӏажаровалъ лъун буго цӏалдохъабазул жиндехунго бугеб лъугӏелго гьечӏеб рокьиги. Гьабсагӏаталда «Хӏакъикъат» газеталда хӏалтӏулей йиго Индира Хӏажаровалъул йикӏарай цӏалдохъан Патӏимат Мухӏамаева. Гьадин бицана газеталъул жавабияв секретарасул заместителалъ йокьулей учителалъул хӏакъалъулъ: — Хӏажаровазул тухумго буго гӏелмуялде рокьи бугел, гӏадамазулъ рукӏа-рахъине лъалел, гӏадамалги рокьулел, гӏадамазеги рокьулел чагӏи. Индираца дун школалда цӏалулеб заманалда нижее дарсал кьолаан. Берцинго, хӏеренго, щивасде нух батун бицунаан гьелъ дарс. Математикаялде цо кӏудияб рокьиги гъираги букӏунароан дир. Индира Мухӏамадовнаялъул лъикӏлъиялъги гьелде бугеб адабалъги дарсги бокьанин абизе бегьула. Кӏудияб рохел букӏуна нилъер лъале-хъвалев чиясе кинаб батаниги бергьенлъи, шапакъат щванин абидал. Дунги чӏухӏарай йиго дир йикӏарай мадугьалалъ, росуцоялъ, учителалъ бергьенлъи босиялдаса. Хадур гӏемерлъаги бергьенлъабиги, лъикӏал лахӏзаталги, мунго гӏадал учительзабиги. Индира Хӏажаровалъ рикӏкӏадасан (онлайн) дарсал кьола сакъатал лъималазеги. — Гьезие бицине ккола цӏакъго недегьаб, хӏеренаб мацӏ, щивасе батӏибатияб. Гьедин ругьунлъарай дие захӏмалъизехъин букӏана гӏадатияб школалда хӏалтӏизеги. Гьел лъималазеги додинабго мацӏ бицуней ятулей йиго. Дагьабниги кьвари гьечӏого бегьилищха. Гьединлъидал дида ракӏалдеги ккараб гимназиялда дар- сал дагь гьаризе, — янги абуна гьелъ. Бахиллъун йиго Индира Мухӏамадовнаялда, цӏалдохъабазул рокьиялъ куркьбал гъурай, гьел куркьбазул кумекалдалъун учителасул гӏадатияб талихӏалде данде йоржуней йигей учителалда."}
{"slug": "14889-giadamal-khinl-i-gechiogo-teze-begularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14889-giadamal-khinl-i-gechiogo-teze-begularo", "title": "Гӏадамал хинлъи гьечӏого тезе бегьуларо", "date": "2021-11-18 10:26:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17 ноябралда, ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏана данделъи. Гьениб бицана 2021-2022 соназ хаслихълъиялдегун хасалиде ЖКХялъул объектазул бугеб хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб хӏалтӏи унеб бугеб куцалда хадуб халкквезе ва гьелъул иш рукӏалиде ккезабизе гӏуцӏун буго хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь оперативияб штабги. Щибаб моцӏалъ штабалъул гӏахьалчагӏаз хал гьабизе руго цере чӏарал масъалабазул.\nДанделъиялда кӏалъарав республикаялъул Энергетикаялъул ва ЖКХялъул министрасул ишал тӏуралев Ризван Мурадовас баян кьуна гьеб рахъалъ республикаялда гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьес бицана, аслияб куцалда, хасалиде гӏураб хӏадурлъи бугин ва абуна газалдалъун хьезаричӏел бакӏазда ругел социалиял объектазда хинлъи чӏезабиялъе 13538 тонна тӏорччол нахърателги гьабун бугин. Палхӏасил, жакъа къоялде ЖКХялъул объектал хасалиде хӏадурго руго 98 проценталъ. Республикаялъул тӏолалго муниципалиял гӏуцӏабазул социалиял объектал хьезарун руго хинлъиялдалъун. Р. Мурадовас бицухъе, цоцо квекӏенал дандчӏвалел руго токалда ва лъеда. Гьединлъидал гьеб рахъалъ гьарулел хӏалтӏабиги хӏукуматалъул хасаб бербалагьиялда гъоркь руго.\nХалкъалъе гьабулеб хъулухъалъул даражаялъул хӏакъалъулъ бицун данделъиялда кӏалъана ДРялъул Пачалихъияб жилищнияб инспекциялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Касьянов, Махӏачхъала шагьаралъул бетӏер Салман Дадаев ва цогидалги.\nКоммуналияб магӏишаталъ хасалиде дандчӏвай гьабулеб бугебали цӏех-рех гьабизе ниж щвана Махӏачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил Мухӏамадовасухъе. Гьесул рагӏабазда рекъон, централияб отоплениялъул ва хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏразул хал-шал гьабун, хисизе кколелъур хисун, къачӏазе кколелъур къачӏан хӏалтӏаби гьарун руго.\n— Исана дунял цудунго цӏорозе букӏинги хӏисабалде босун, нижеца хӏалтӏабиги цереккунго гьаризе байбихьана. Отопление, хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏралго гӏадин, нижеца къачӏана канализация, гӏемертӏалаял минабазул тӏохал, подъездал, ай квер бахъана нижер жавабчилъиялда бугеб шагьаралъул магӏишаталда. Хасалиде хӏадур ругин абурал паспортал кьуна 1772 гӏемертӏалаяб минаялъе.\n— Цӏакъго цӏорораб заманалда токалъул мухъазда ялъуни отоплениялъул системаялда авариял ккани, хехаб къагӏидаялда гӏунгутӏаби тӏагӏинарун бажарулищ шагьаралъул ЖКХялъухъа?\n— Гьединал лъугьа-бахъинал ругони, бакӏазде ун, гӏунгутӏаби тӏагӏинарулел хасал къокъаби рукӏуна газалъул, токалъул, лъел жаваб кьолел идарабаз чӏезарун. Токалъул бицани, авария ккарал мухъал къачӏалебгӏан мехалъ, гӏадамазе канлъи кьола цогидаб, ай нахъраталилаб мухъалдасан.\n— Гьедин батани, щайха тахшагьаралда яги гьелда гъорлъе унел поселоказда токалъул къварилъи ккедал, хехаб къагӏидаялда цогидаздасан биччалареб?\n— Биччала. Ахираб заманалда гьединал хӏужабазде цӏикӏкӏун кьолеб буго кӏварги. Мисалалъе, лъел бицани, гӏемерисел гӏемертӏалаял минабазда руго лъим цӏунулел рогӏрал. Авария ккун бугони гьездаса минабазде лъим кьабула кӏиго-лъабго къоялъ. Гьединго токалъулги, ай трансформатор бухӏун бугони, гьеб къачӏазегӏан ток кьола бищунго аскӏобегӏан кколелдаса. Палхӏасил, гӏадамал квачакъго толаро. Амма кидаго гуро нижее бокьухъе кколебги. Рукӏуна цо-цо цӏакъго рес къотӏараб ахӏвал-хӏалги.\n— Гӏазу-цӏад бани, цебе гӏадин, гӏалагъважа букӏине бугищ шагьаралъул къватӏазда?\n— Цӏорой ккелалде нижеца исана кинабго хӏисабалде босун буго. Тӏоцебесеб иргаялда, къачӏан буго къватӏаздаса гӏазу хъвалеб техника. Гьеб хӏалтӏи тӏубазе буго «Махӏачхъала-1» МБУялъ. Нухаздаса цӏер биинабизелъун хӏадурун буго 800 тонна салул, 40 тонна химиялъул реагентазул ва 70 тонна цӏамул. Гьединго рацӏцӏад гьарун руго канализациялъул рогӏрал, люкал. Гӏемертӏалаял минабазда хадур рухьинарурал хъулухъ гьабулел компаниязги тӏоритӏана хал-шал гьабиялъул тадбирал. Гьез нижехъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда гӏунгутӏаби ругел бакӏал гьечӏо.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "14890-25-sonal-ssuduleb-rug-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14890-25-sonal-ssuduleb-rug-un", "title": "25 соналъ ссудулеб ругъун", "date": "2021-11-18 10:30:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "16 ноябралда Каспийскиялда ракӏалде щвезаруна теракталъул хӏасилалда гӏумруялдаса ратӏалъарал гӏадамал. Официалиял кӏалъаял гьенир рукӏинчӏо. Теракт ккараб бакӏалда бан бугеб мармаралъул сиялда цебе, кьер-кьерал чирахъалги ракун, тӏугьдул лъуна ФСБялъул гӏурхъаби цӏунулеб управлениялъул Каспийскиялда бугеб бутӏаялъул нухмалъулев Андрей Карпенкоца ва ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас.\n1996 соналъул ноябралъул кватӏараб сардилъ, Ленинил къотӏноб бугеб гӏемертӏалаяб минаялъуб ккана вахӏшияб кьвагьи. Гьеб тӏатӏала ккана. Ракӏгъанцӏараб теракталъул хӏасилалда къадаралде щвана 63 чи. Гьезда гьоркьор рукӏана лъималги.\nАслияб къагӏидаялъ гьеб минаялъур гӏумру гьабун рукӏана Каспийскиялъул гӏорхъаби цӏунулеб рагъулаб часталда хъулухъ гьабулел хъизамал. Цо-цо хъизамаздаса лъабго-ункъо чи чӏваралги ккана гьенир.\nЕлена Залова доб сордоялъ ятӏалъана росасдаса ва лъабго васасдаса. Жийго гьей, Кисловодскиялъул санаториялда хӏухьбахъулей йикӏун, чӏаго хутӏана. Росги лъималги гьелда цадахъ рукӏун руго. Анкьалъ цере ун руго гьел гӏебеде. Школалда каникулал халат рахъинарун рагӏулин, гьанирго теларищин лъималинги абун буго гьелъ росасда. Амма гьес гьел гӏебеде рачун руго.\nКаспийскиялда ккараб вахӏшияб теракталъул хӏакъалъулъ гьелда лъан буго телевизоралъ цӏиял харбазул баян кьолеб мехалъ. Тӏокӏаб сундухъниги балагьичӏого, гӏебеде щварай гьелъул ахиралде щвезегӏан хьул букӏана росги лъималги чӏаго ратиялда. Амма жеги гьезде тӏаде ккечӏин абула Еленада. Риххарал чӏвадназда гъоркь тӏоцеве ватула гьелъул кӏудияв вас Геннадий. Рекӏеда хъвараб гӏадин, эбелалда лъалеб букӏуна бищун гьитӏинав Олегги гьесда аскӏов ватилин гьабсагӏатилан. Щайгурелъул гӏемерисеб мехалъ кӏудияв васасда аскӏове унев вукӏун вуго гьитӏинав Олег кьижизе. Гьеб сордоялъги гьединго ккун буго. Еленада ракӏалде кковухъе аскӏов ватула Олегги. Хадур тӏаде ккола росасде. Бищун ахиралда ватула гьоркьохъев вас Павел. Циндаго росасдасаги лъабго васасдасаги ятӏалъарай эбелалъе захӏмат букӏана гӏумру гьабизе. Чияр лъималазул аваданаб релъи, рекерулел гьезул хӏатӏил сас рагӏизе цӏакъ бокьулароанин жиндиейин мукӏурлъана гьей. Еленада жиндиего хвасарлъи батана хӏалтӏулъ. Егун макьу щоларей гьелъ къаси-къаси кучӏдул хъвазе байбихьун буго.\n25 соналъ цере кватӏараб сардил гӏужалъ абадияб рокъоре ана Анохиназул хъизамги: эменги лъабго васги. Эбел чӏаго хутӏана…\nХАДУРАГӏИ\n1996 соналъул ноябрь моцӏалъ Каспийскиялда ккараб теракталъул дандерижи гъугъана хадуб Москваялда, Волгодонскиялда ва гьединго 1999 соналъул сентябралда Буйнакскиялдаги. Гӏемертӏалаял минабазда гъоркь тротилги лъун, тӏатӏала ккарал бетоналъул къаназда гъоркь абадиялъе берал къанщана нус-нус чияс. Анлъго соналдасан, ай 2002 соналда цоги ракӏгъанцӏизабураб вахӏшияб теракт ккана Каспийскиялда — 9 маялда, Бергьенлъиялъул Парад унеб за маналда шагьар бакьулъ чӏвана 43 чи. Лъукъана 100-яв. Гьенирги рукӏана гӏисинал лъимал. Сакъатлъана гӏемерав чи. Лъилъулареб ругъунги рекӏелъ лъун, угьдилел тана чанго эбел, гӏолохъанал лъудби, яцал, гӏагарлъи. Ссудулел, рецӏцӏулел руго гьезул ругънал жеги-харги…\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "14891-ruk-zal-rugo-giarats-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14891-ruk-zal-rugo-giarats-gechio", "title": "Рукъзал руго, гӏарац гьечӏо", "date": "2021-11-18 10:34:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Пачалихъалъ бесдалазе рукъзал росизе кьураб гӏарац, гьелги росичӏого, Махӏачхъалаялдаса, Избербашалдаса, Хасавюрталдаса ва Хасавюрт районалдаса нахъбуссун республикаялъул бюджеталдего бачӏине рес буго.\nГьедин бицана гьал къоязда хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас.\nГьеб идараялъул сайталда хъвавухъе, республикаялда буго жанир чӏезе рукъ къваригӏараб 3223 бесдал лъимер. Гьезда гьоркьоса 1011 лъимер ккола эбел-инсул цонигиял гьечӏеб. Гьел киназего рукъзал росизе хӏажалъулеб буго щуго миллиардгӏанасеб гъурущ.\nЯ. Бучаевасул рагӏабазда рекъон, исана гьезие рукъзал росизе республикаялъул бюджеталда бихьизабун букӏана 588 млн гъурущ (гьелда гьоркьоса 138 млн ккола федералияб бюджеталдаса биччараб).\nАмма гьабсагӏаталда бесдалазул гӏицӏго 15 проценталъ гурони рукъзал росизе рес гьечӏо, ай гьеб ккола 484 лъимер.\nБайбихьуда бицен гьабураб гӏарац бюджеталдего нахъе щай буссинабизе кколебали гьадин бицана жамгӏияй хӏаракатчӏужу, бесдал лъималазе рукъзал росизелъун хӏукуматалъ гӏуцӏараб комиссиялъул вакил Раисат Гӏусмановалъ:\n— Сергей Меликов гьанжего-гьанже Дагъистаналде вачӏиндал, дица борхун букӏана гьеб суал. Гьеб мехалда гьес балагьана 630 бесдал лъимералъе рукъ босизе хӏажатаб гӏарац. Амма хадубккун, аукционалги цогидабги лъазабун, гьел рукъзал росиялде иш ккедал, загьирлъана бесдалазе кьолеб гӏарацги гӏемертӏалаял минаби ралез чӏезарурал нормативалги данде кколел гьечӏолъи. Пачалихъалъ бесдалазе рихьизарурал нормативазда рекъон ралел минаби гьечӏо гьанже. Законалъ бихьизабухъе, квадратияб 18 метр ккола гьеб.\nТӏадежоялъе, пандемиялда дандеккун хиралъана сундухъго багьабиги. Масала, бесдалазе пачалихъалъ кьолеб 1 млн 400 азарго гъурщиде босизе бегьулеб букӏараб рукъалъул багьа гьанже 200-300 азарго гъурщица хиралъун буго.\nГьединлъидал гьеб суал бараб буго гӏемертӏалаял минабазул бетӏергьабаздаги. Гъоркьисала, масала, гьединав цо чияс киридахъ тӏадеги квадратураги кьун, ункъо рукъалъул секция щвана бесдалав инвалид вугеб цо хъизамалъе. Жеги рукӏана гьединал мисалал.\nДица добго данделъиялда абун букӏана бесдал лъималазе хӏажатал нормативазда рекъон цохӏо подъездалданиги рукъзал райин абун щай застройщиказда цебе суал лъоларебин абун.\nГьаниб суал бачӏунеб буго хас гьабун бесдал лъималаз гурони жаниб гӏумру гьабулареб мина базе бегьулародай абун. Гьеб мехалда бихьизабизе бегьилаан гьениб жаниб щивасе пачалихъалъ чӏезабураб квадратураги. Амма Раисат Гӏусмановалъ рикӏкӏунеб буго гьединаб жо гьабизе бегьуларин. Щайин абуни, гӏадатиял хъизамаздаса батӏа кӏанцӏун гьел бесдалал чӏезарулеб гӏадаб жо ккезе бугила гьелъул. Гӏадатиял хъизамал мадугьалихъ ругони, бокьараб ишалъулъ гьездаса кумекниги щвезе рес бугила бесдалазе.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "14892-turistazul-chitiir-l-agialitsa-l-ugiungutiiyal-e-shchib-gabileb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14892-turistazul-chitiir-l-agialitsa-l-ugiungutiiyal-e-shchib-gabileb", "title": "Туристазул читӏир лъагӏалица лъугӏунгутӏиялъе щиб гьабилеб?", "date": "2021-11-18 10:36:16", "categories": ["obshestvo"], "text": "13 ноябралда «Анжи-Аренаялда» тӏобитӏана «Open Dagestan» абураб туризмалъул форум.\nГьелда гӏахьаллъана туроператоралги, гидалги, гостиницабазулгун кафеязул ва туристал раччулеб транспорталъул бетӏергьабиги, эксперталги.\nГьез гьенир тӏоритӏана семинарал, мастер-классал. Бицана туристал сабаблъун Дагъистаналъул гӏисинал росаби цӏунизе бугеб кӏудияб кӏваралъул, гьанжего-гьанже гьалбадерил рукъзал рагьулел гӏадамаз хасго магӏарухъ хӏисабалде щиб босизе кколебали, советияб заманалда туризм цебетӏезабиялъул къагӏидаби кинал рукӏаралали.\nМоскваялдаса экспертаз гьезда малъана рачӏунел туристазул читӏир тӏубараб лъагӏалица лъугӏичӏого букӏине ккани, хӏалтӏи кин гӏуцӏизе кколебали. Хасго ахираб заманалда машгьурлъулеб буго стоматологиялъул туризм. Дагъистаналда цаби-гӏусал учузгоги лъикӏги къачӏалин ва лъолин абун, нилъер клиникабазде рачӏунел туристал цӏикӏкӏунел руго.\nКибго гӏадатлъун лъугьараб жо ккола туристаз сувенирал цӏехолел рукӏин. Дагъистаналде щведал, туристазе хас гьабун кинал сувенирал ричилел ва кин гьел берцинго къачӏалел абун малъа-хъваялги гьаруна гьелго экспертаз.\n«Анжи-Аренаялъул» азбаралда чӏван рукӏана дагъистаниязул миллияб хаслъи бихьизабулел чадиралги. Рокъор-къватӏир умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал тӏагӏалабаздагун партал-куналда цадахъго гьенир рихьизарулел рукӏана цӏурачадал гьаризе, рессаризе, угьаризе, щагӏил тӏагӏалаби гьаризе букӏараб махщелги.\nФорумалда гӏахьаллъарал цо-цо чагӏазул пикру цӏехана «Хӏакъикъат» газеталъ.\nЯна Мартиросова, гид-экскурсовод, журналист:\n— Дие цӏакъ бокьула миллияб хаслъи бихьизабулел чадразда сверухъ букӏунеб багъа-бачари, тӏагӏамаб квен-тӏех, кьурди-кечӏ. Гьеб рахъалъ кутакалда ракӏ гъураб ахӏвал-хӏал букӏана форумалдаги.\nАмма туризмалдехун хурхен бугел чагӏи гьенир цохӏо нилъерго республикаялдаса гурони, къватӏиса рачӏарал рукӏинчӏо. Гьединлъидал кинабго нилъецаго нилъеего бицунеб жо гӏадинги ккана. Москваялдаса экспертазул малъа-хъваяз нилъер туроператоразе, гидазе, гостиницабазул, кафеязул бетӏергьабазе малъа-хъваял гьарун, пайда бахун батизеги бегьула. Амма дида рагӏичӏо гьез бицунеб жо, щайгурелъул миллияб хаслъи бихьизабулел чадраздаса гӏебеде тира-сверун хадуй дун ана дидаго тӏадкъараб лекция цӏализе цо хасаб чадиралъуе. Цо рахъалъ босани, къватӏиса туроператоралги цогидалги рачӏинчӏонигицин, нилъерго гьаниса туризмалда гъорлъ ругел гӏадамазе рес щун батила жал цо бакӏалде ракӏариялъ, цоцазулгун лъай-хъвай гьабизе, бухьенал кквезе. Амма хас гьабун диего гьединаб пайда щвечӏин абилаан дица. Масала, гьенир ратичӏо диего къваригӏарал клиентал. Тӏубанго пайда щвечӏиланги абизе бегьиларо. Дие асар гьабуна архитектор Камил Цунтаевас гьабураб лекциялъ. Магӏарухъ бугеб архитектураялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьес мугъчӏвай гьабулеб букӏана Мовчанил тӏехьалдеги. Кигӏан урхъаниги, босизе щолеб гьечӏо гьеб (1940-абилел соназда магӏарухъеги хьвадун, бакӏарараб материалалдаса советияв архитектор Геннадий Мовчаница данде гьабураб «Старый аварский дом» абураб тӏехь-авт.).\nАхираб заманалда туризмалъул ишалда гъорлъе рачӏана тӏубанго цӏиял, гьелъул хӏакъалъулъ абизегӏанасеб лъай гьечӏел чагӏи. Гьединаб форум, дун туристалгун хӏалтӏизе байбихьараб заманалда, гьанжеялдаса анлъго соналъ цебе, тӏобитӏун букӏарабани, лъикӏаб букӏинаан. Доб мехалда диеги дун гӏадиназеги мисал босизе бакӏал дагьал рукӏана, гьединлъидал дозда-гьазда гьикъун, нижеего мадар гьабулаан.\n— Форумалда дуца гьабураб доклад сунда хурхараб букӏараб?\n— Гьелда цӏар букӏана «Махачкала: почему бы и нет?» абураб. Махӏачхъала бихьизегӏанги течӏого, туроператораз туристал аэропорталдасанго я Дербенталде, яги магӏарухъе щай рачун унел, цинги гьениса тӏад руссиндалги рачӏинахъего аэропорталде щай гьел щвезарулел абураб магӏна букӏана гьелъул. Чанго сон буго дица туристазе Махӏачхъалаялда жаниб экскурсиял гьарулеб. Гьединлъидал борхана дица гьеб суалги.\n— Махӏачхъалаялда туристал тамашалъизарулеб гӏадаб берцинлъи гьечӏолъи батилаха гьелъие гӏилла?\n— Нилъеда гьедин ккола, амма гьеб пикру мекъаб буго. Масала, Дербенталъул гӏадаб тарих гьечӏониги, Махӏачхъалаялъулги буго ракӏ тӏаде цӏалеб, цо бицине лъалареб къуват. Дагьал ругониги, церегосел минабиги хутӏун руго жеги. Тӏаде балагьун сурукъабин кканиги, гӏадамал гӏажаиблъизарулеб архитектураги буго.\nАминат Гӏабдурахӏманова, «Птица Феникс» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул соучредитель:\n— Киналъухъго балагьизе рес щвечӏо. Амма асар гьабуна цӏиял маршрутал кинал ругелали лъаялъ, гьединго цогидал регионазда туризм цебетӏолел къагӏидабазул бициналъ. Масала, гостиницабазул бизнесалъул цебетӏей Подмосковьеялъул мисалалда бицунеб рагӏана дида. Нилъер гьаниб гьеб ишалъул гьанжего-гьанже хӏалбихьулеб буго. Гьединго форумалда рихьизаруна умумузул рукӏа-рахъинги махщелалги. Батӏи-батӏиял районаздаса рачӏарал гӏадамаз малъулеб букӏана жалго ругьунаб иш.\nПалхӏасил, къватӏиса вачӏарав чиясда Дагъистанги гьелъул гӏадамалги щалали бицунеб ахӏвал-хӏал гӏуцӏун букӏана форумалда. Гьелъухъ дица баркала кьуна предпринимательлъиялъулгун инвестициязул агентствоялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Хӏажимурад Гӏабашиловасе ва абуна гьадигӏан берцинаб Дагъистаналъул гьайбатлъи хӏурудахъ ине бугинха республикаялда рищни-къулалъул суал рукӏалиде ккезабичӏони. Сверухъ бугеб бакӏ бацӏцӏад гьабиялда бан дица ургъараб программа буго «Чистый Дагестан» абун. 29 ноябралда ДГУялда тӏобитӏизесеб данделъиялда гьоркьоб лъезе буго гьеб суал. Рищни бацӏцӏад гьабулеб чан завод республикаялда баниги, щибго хӏасил кколаро жинда-жинда хадуб рищни жинцаго бакӏаризе кколин абун, щивав чиясул пикру хисизабичӏони.\nАсият Гӏабдулатӏипова, КЭМЗалъул пресс-секретарь:\n— Нижер заводалъе кутакалда пайдаяб форум букӏана гьеб. КЭМЗалъ ДРялъул Туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоялъулгун къотӏи гьабуна авиатуризм цебетӏезабизе.\nКЭМЗалъ байбихьун буго чанго чи рекӏунел самолетал къватӏире риччазеги, заводалда рагьун буго авиакомпанияги. Гьелъ гӏадамал раччизе руго заводалъ Мачӏада росулъ рагьараб хӏухьбахъиялъул базаялде. Самолет рещтӏунеб, гьаваялде бахъунеб хасаб нухги буго гьениб гьабун.\nМухӏамад Дибирмухӏамадов, гид:\n— Пандемияги хӏисабалде босун, къватӏиса чагӏи ахӏун гьечӏоан гьенире. Гьединлъидал туризм цебетӏеялъе ругел ресазе гьабулеб рекламаги ккана нилъерго туроператоразеги гостиницабазулгун кафеязул ва цогидалъул бетӏергьабазеги гьабулеблъун. Гьединго нилъер гьанир Туризмалъулги Культураялъулги министерствабаз гьарулел тадбирал рукӏуна цо коцонир чӏваралгӏанги цоцада релълъарал-кинабго сверизабула кьурди-хъаталде, ихтилаталде. Гьедин ккана гьаб нухалдаги.\nДун ун вукӏана цереккун рагӏичӏел жал рагӏилародаян хьулалда, амма цӏияб жо лъачӏо.\nТуристал гӏемер щоларел районазул хӏакъалъулъги баян тӏибитӏизабиги букӏана форумалъул мурад. Масала, гьабсагӏаталда дун вуго Гъумеки росулъ, туристалгун цадахъ. Ал анире рачин гурони букӏунаребищ? Рачана. Амма гьечӏо гостиницаби. Цинги кир дица гьел регизарилел? Гьединлъидал районазе реклама гьабилалде ургъизе ккола гьалбал къабул гьаризе ругел ресазда тӏад.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "14894-bastrykin-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14894-bastrykin-dag-istanalda", "title": "Бастрыкин Дагъистаналда", "date": "2021-11-18 10:44:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17 ноябралда республикаялде вачӏана РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкин.\nСКРялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул хӏалтӏухъаби гӏахьаллъараб данделъи тӏобитӏана гьес Махӏачхъалаялда.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, экономикияб рахъалъ хӏинкъи гьечӏолъиялъул суалазда хурхун ва гьединго ахираб заманалда регионалда ккарал такъсиразул хӏакъалъулъ бицана данделъиялда."}
{"slug": "14895-melikov-pachalikh-iyab-sovetal-ul-vakil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14895-melikov-pachalikh-iyab-sovetal-ul-vakil", "title": "Меликов — Пачалихъияб Советалъул вакил", "date": "2021-11-18 10:47:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 ноябралда Россиялъул президент Владимир Путиница хиса-басиял гьарураб РФялъул Пачалихъияб Советалда гъорлъ вуго Дагъистаналъул нухмалъулев Сергей Меликовги.\nГьединго гьанжесеб советалда гъорлъ руго цере Дагъистаналъул нухмалъиялда рукӏарал Владимир Васильевгун (Пачалихъияб Думаялда ЕРялъул фракциялъул нухмалъулев) Артём Здуновги (Мордовиялъул бетӏер), гьединго Тываялъул нухмалъулевги, Хабаровск краялъул, Белгородгун Тулаялъул, Пензаялъул, Ульяновскиялъул губернаторалги, цогидалги. Кинавниги 12 чи вуго гьенив."}
{"slug": "14896-premer-ministrasulgun-redaktorasul-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14896-premer-ministrasulgun-redaktorasul-dandchivaj", "title": "Премьер-министрасулгун редакторасул дандчӏвай", "date": "2021-11-18 10:48:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановгун дандчӏвана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов.\nГьезул хабар ккана магӏарул басмаялда тӏасан – миллияб газеталъ кӏвар кьезе бегьулел суалазда, гьелда церечӏарал масъалабазда, гьединго тӏадеялъул букӏинесеб газеталъул юбилеялда (105 сон) хурхун.\n— Дие цӏакъ асар гьабуна гьеб дандчӏваялъ. Жеги тӏубан хӏукуматги гӏуцӏун бахъинчӏеб, ратанщинал масъалабиги тӏуразе кколеб гьаб заманалда хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас дун къабул гьави ккола миллияб басмаялдехун гьесул бугеб адабги бичӏчӏиги. Гӏицӏго «Хӏакъикъаталъе» гуребги, цогидал басмабазеги баракатаб гӏаламат ккола гьеб. Гьелдалъун республикаялда журналистикаялдехун тӏалъиялъул бербалагьи жеги лъикӏлъилин абураб хьулги бижулеб буго, — ян бицана Гӏ. Гӏумахановас.\nХадубго гьес тӏаде жубана премьер-министр магӏарул росабалъе унелъул, хӏалтӏул сапаразул хӏакъалъулъ репортажал хъвазе цадахъ «Хӏакъикъат» газеталъул информациялъул отделалъул вакилзабиги рачине хӏукму кканин.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "14897-sovetal-kivar-bussinabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14897-sovetal-kivar-bussinabuna", "title": "Советалъ кӏвар буссинабуна", "date": "2021-11-18 10:49:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда ДРялъул Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тӏобитӏана ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ советалъул данделъи. Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул, УФСИНалъул, профсоюзазул, Гъизилюрт шагьаралъул ва районалъул администрациязул хӏалтӏухъаби гӏахьаллъараб гьеб данделъиялда цебе босун букӏана кӏиго суал.\nТӏоцебесеб, жанир тӏамун ругел бакӏаздаса (туснахъ, колония) эркен гьарурал гӏадамазда ракълилаб гӏумруялда бакӏ батизе квербакъи гьабиялъул рахъалъ Гъизилюрт шагьаралда ва районалда гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Ва кӏиабилеб, рехсараб совет гӏуцӏаралдаса 20 сон тӏубай кӏодо гьабиялда хурхун гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицин.\nДанделъи рагьана Советалъул нухмалъулев Зикрула Ильясовас. Гьес бицана гьанжелъизегӏан Гъизилюрталда букӏанин лъабго гьединаб учреждение-колония: руччабазул, бихьиназул ва санаде рахинчӏел лъималазул колониял. (Гьанже хӏукму гьабун буго санаде рахинчӏезул колония къазе). Гьеб масъалаялъулгун лъай-хъвай гьабурав Советалъул нухмалъулесул заместитель Гӏумар Гӏумаровас баян гьабуна лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал, бицана цӏакъго кӏвар бугеб гьеб ишалъулъ гьабулеб хӏалтӏи букӏине кколеб даражаялде щун гьечӏолъиялъул. Шагьаралъул ва районалъул администрациязул, гӏадамазе хӏалтӏи чӏезабиялъе квербакъулел идарабазул (ЦЗН) хӏалтӏухъабаз бицана дандчӏвалел захӏмалъабазул, туснахъаздаса эркен гьарурал гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал щолел гьечӏолъиялъул ва гьез дагьаб харж бугеб хӏалтӏуде лъугьине инкар гьабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Бицана гьеб масъала тӏубазабиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏулги. Кӏиабилеб суалалда хурхун З. Ильясовас Советалъул членал ахӏана юбилеялда бан рукӏине ругел тадбиразулъ, гьелъие материалал хӏадуриялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе.\nГӏ. Гӏабашилов"}
{"slug": "14898-giak-ilaj-k-imataj-magiarul-shagiir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14898-giak-ilaj-k-imataj-magiarul-shagiir", "title": "Гӏакъилай, къиматай магӏарул шагӏир", "date": "2021-11-18 10:53:26", "categories": ["kultur"], "text": "Мугӏрул чӏужугӏаданалъе лъураб памятниклъун бихьула Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъул адабияталда ккураб бакӏ. Гьеб памятникалъе сипатлъунги шагӏиралъул гӏумру буго.\nЗалмулгун щибаб дандчӏвай, рекӏей хӏалхьи кьолеб, гӏакъилаб дарслъун лъугьуна, гьелъ бицунебщинаб, цогидазеги мисаллъун букӏине, къалмиде босизе анищан ккола. Ункъойилъе сонал рахарай гьелъул рекӏехъе кучӏдул цӏализе бугеб пагьмуялдаги бахиллъула.\nИргадулаб нухалъ нижехъе редакциялде щварай Залмулгун букӏараб накъиталъул цо бутӏа цӏалдолезеги рагьизе пикру ккана гьанжесала.\n— Залму, дур гьунаралъул нухлул байбихьуда букӏунаанищ чӏахӏиял шагӏирзабаз гӏисиназе гьабулеб критика, малъа-хъвай? Гьеб кин къабул гьабулеб букӏараб?\n— Гъоб заманалъ букӏана цӏакъ гъваридаб, лъикӏаб, гӏолохъанав хъвадарухъан кӏудияв гӏезе кумек гьабулеб критика. Дирго бицани, дица критика къабул гьабулаан диего кьолеб дарс хӏисабалда, чӏахӏияз рихьизарурал гӏунгутӏаби ритӏизаризе хӏаракат бахъулаан.\nГьабсагӏатги нахъе цӏунун буго дица Гӏумархӏажи Шахтамановас гьарурал хъвай-хъвагӏаял. Доб заманаялъго хъвараб, «Кигӏан рагъ рикӏкӏада букӏананиги» абураб поэма Гӏумархӏажи Шахтамановасухъе кьун букӏана дица цӏализе. Гьеб поэма цӏалулаго, тохал, лъикӏал бакӏал къалмица жаниреги рачун хъварал гьадинал рагӏаби ругоан: «штамп», «ерунда, убери», «классика», «молодец, вот так продолжай», «повтор». Дун цӏидасан тӏадги хӏалтӏун, лъикӏаб поэма лъугьана гъолъул. Амма, Гӏумархӏажица гъодинан критика гьабун букӏинчӏебани, дир гъоб поэма лъикӏ лъугьине рес букӏинчӏо.\nЭбел хвараб кечӏ буго Бесдал эбел цӏехолеб\n— Гьанжесел гӏолохъанал шагӏирзабазе дуца малъа-хъвай гьабулищ?\n— Жакъасел хъвадарухъабазда «ерунда» абуни, гьез дун тушманлъун кквела. Чӏандайин абизе жоги гӏемераб буго, такрарлъаби руго.\n— Жал шагӏирзабиян чӏарал чагӏазул кучӏдузулъ ратулел руго цогидал авторазул творчествоялдаса мухъал. Дур кканищ гьединаб хӏужа?\n— Дир кӏиго кечӏ жидерго тӏехьалдацин лъун батана, цо-кӏиго мухъги хисизабун. Цӏалдолезда лъала, цо гӏолохъанай хъвадарухъан ячӏана дихъе жиндиринги абун, дир кучӏдулги росун. Жиндир ботӏролъ рижарал ругин абун тӏирун гьей чӏедал, рихьизаризе кканаха, церего къватӏире риччарал тӏахьалги рагьун.\n— Кучӏдул хъвалел гӏадамал руго гьанже, жидецаго хъвараб гурони классиказул, халкъиял шагӏирзабазул асарал цӏалуларел. Гъол эхе-эхеде кӏанцӏезе рахъуна жидее критика гьабуни. Гъол чагӏазул щиб пайда букӏинеб, нилъер адабияталъе?\nГъозул пайда щибха букӏинеб. Гъол жидедаго тӏад хӏалтӏулел, классиказул поэзия цӏалун, гьелъул пикру гьабун гъварилъуде раккулел ругелани, мадарги букӏинаан. Гьел поэзиялда жаниса тӏагӏун унел цӏарал руго. Рифмаялда гӏуцӏанин абун кечӏ лъугьунаро.\nНамусалъул гьаркьихъ гӏенеккичӏони,\nГӏолохъанлъиги щай, гӏумруги сунде?\n— Цо-цо руччабазул гӏищкъул асарал цӏакъго гьалагал, зани бегарал руго гьанже. Гьезде щиб абулеб дуца?\n— Поэзия, художникас бахъараб сурат, сценаялда лъураб спектакль — гьеб букӏине ккола чиясе тарбия кьолеб, гьелъ чи куцазе ккола лъикӏаб рахъалдехун вачӏунеб хӏалалъ. Гурони, гьеб искусство, поэзия гуро, лъие гьеб гьединаб хӏажатги бугеб!\n«Вокьулаян» хъвазе кколаро рокьул кечӏ хъвалаго, гьеб загьир гьабизе, асар гьабулел, цоги рагӏаби ратула унго-унгоял шагӏирзабазда. Дица цо данделъиялда абунги букӏана магӏарул кечӏалъ тӏаса горде бахъун букӏанин, гьанже тӏажуги бахъун бугин. Гьелъ ракӏ унтизабула.\n— Мун гӏадин, кӏудияб хӏасилгун хъвадарулел чагӏазе эркенаб заман гӏезегӏан къваригӏунеб батила. Хъизан-рукъ тӏубан, творчествоялда тӏад хӏалтӏизе заман кин батулеб букӏараб?\n— Институталда цӏалулеб мехалъго хъвазе байбихьараб, лъугӏичӏеб чанго поэма ва цоги гӏезегӏанго жо букӏана дир. Дарсал лъугӏарабго кванан, хех гьабун библиотекаялде гӏедегӏулаан дун. Ботӏролъ барщун щвалде щвараб мехалъ гурони кечӏ яги поэма хъвазеян дун гӏодой йикӏинчӏо кидаго. Къад рачӏарал пикраби кӏочон течӏого рукӏине къокъал хъвай-хъвагӏаял гьарулаан, регӏараб мехалъ гӏодое йиччан хъвалаан.\nГӏезегӏан захӏмат букӏунаан творчествоги, хӏукуматалъул хӏалтӏиги, хъизан-рукъги цадахъ бачине. Хъизанги дир кӏудияб букӏана, гъол кваназарун, регизарун хадуб сордо дир букӏинарищха. Ункъабилеб классалдаса нахъе дица лъимал ругьун гьаруна жидерго ретӏел бацӏцӏине, ратӏлида иту чӏвазе. Гьезда гьоркьоб бикьун букӏунаан рукъалъул хӏалтӏи, гурони дир рес букӏинчӏо. Якьад-вакьадги рукӏана, жидеегоги кумек гьабизе кколел, цӏикӏкӏарал чагӏи.\n— Рукъалъул хӏалтӏи гӏемер бокьуларелъул васазе, инкар гьабулароанищ гьез?\n— Малъараб гьабичӏого цониги лъимер течӏо, кьварараб гӏадлуялъул эбел йикӏана дун гьезие. Инсулгун эбелалъул цокӏалаб тарбия лъикӏаб буго рокъоб. Нижер лъималазда киданиги бихьичӏо росасулги дирги дагӏба-рагӏи. Данделъараб мехалъго Сагӏитилги дирги къотӏи букӏана къацандичӏого чӏезе.\nДур гӏоразул бакънал рагӏичӏелани,\nДилъ гьал кочӏол бакънал рижилароан.\n— Пикраби кида ва кир бищунго роцӏарал рачӏунел?\n— Дунго цохӏо йигеб сихӏкъотӏи бокьула хъвадаризе. Цо-цо мехалъ рос ватула нахъа эхетун халгьабун. Дица гьесда гьарула тӏаде валагьугеян, дир хӏалтӏи лъугьунарин. Хунзахъ, гӏатӏидаб сверухълъи цебе тӏибитӏараб кьурул рагӏалда рукӏиндал нижер рукъзал, гьениб цӏияб къуватгун чӏаголъула шигӏриял пикраби, гьениса тӏабигӏаталъухъ балагьун рижулаан гӏемерисел кучӏдул. Машгьурав хъвадарухъан Леонид Соболев вачӏун вукӏана нижехъе дир эмен, Югославиялъул Бахӏарчи, Мухӏамад Батировасул хӏакъалъулъ хъвазе. Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев вукӏана гьев доб мехалда. Гьевгун рукӏана Москваялдаса журналистал, Мухӏамад Сулиманов, Гӏумархӏажи Шахтаманов. Дос гьарана жив вегизе гьавугейила къаси, гьанив рагъида гӏодов чӏун тейилан. «Временами, местами я плакал», — ин абуна гьес радал. Гьединаб асар гьабулеб Кьилимегӏер, Гъунимегӏер, Гӏакаромегӏер бихьулеб, Тобтил лъабго чваххи цебелъолеб, поэзиялъе бижарабго гӏадаб, берцинаб бакӏалда руго нижер инсул ригьзал.\n— Шагьаралда киб батулеб дуда пикраби цӏилъулеб бакӏ?\n— Шагьаралда гьеб балагьизе регӏичӏо, гьелъий заманги букӏинчӏо. Цо-цо ралъдахъе унаан. Гьениб хъвараб буго дие бокьулеб цо кечӏ:\nРилълъа, гьудулзаби, хъахӏил ралъдахъе\nГӏолохъанлъиялъул лъалкӏазда хадур.\nРелъиги гӏемераб, гӏодиги хехаб,\nГӏанчӏал арал къоял ракӏалде щвезе.\nНилъ гӏодорги рукӏун, руцӏцӏухӏунги чӏун,\nГӏенеккилин кочӏохъ карачелазул,\nЦо-цо, мех-мехалда цоцахъ ралагьун,\nЦӏалилин гьурмада рекӏел пикраби.\nДоб мехалъ бичӏчӏичӏеб, рагьизе кӏвечӏеб,\nКӏвеладай нилъеда жакъа бичӏчӏизе.\nСоназул нур свараб беразул канлъи\nКунчӏиладай гьанже доб мехалъ гӏадин.\nНилъеца бицина хъизан-рукъалъул,\nХъулухъалъулъ ругел гӏунгутӏабазул,\nАмма пикрабазул тӏинда хутӏила\nЛъиего рагьичӏеб, кибго бицинчӏеб.\nКъацанди бокьуларо\nДун дирго ханги йиго, дун дирго лагъги йиго,\nДир рекӏел пачалихъги дидаго кодоб буго\n— Мун, ункъо нусалъул якьад кинай йигей гьезие?\n— Цо гӏаданалъ, дихъ ракӏ гурхӏараб гӏадин, цӏехана дида: «Вуй пакъир, ясги гьечӏого, нусалгунгӏаги кин йикӏуней мун?» — илан. «Баба, бабаян элги рукӏуна, уяб жойин ккун дунги йикӏуна», — ян дица кьураб жаваб гъой гӏаданалъги тӏибитӏизабун батана.\nНусазул гӏунгутӏи бихьидал, гӏолохъанаб мехалъ дунго кинай йикӏараяли ракӏалде щвезаюла. Гӏумруялъулго къотӏи букӏана диего бокьулареб чияй гьабиларин абун. Дица гъоб цӏунана. Гьеб пикруялде дун ягьизаюна гӏумруялъул хӏалбихьиялъ, гӏолохъанго цадахъ хӏалтӏизе ккарал гӏакъилал гӏадамаз. Бадибчӏван абичӏого, мисалги бачун, кантӏизарула дуца нижин абула нусаз. Дунгоги нус квешай йикӏинчӏо, диеги гьел Аллагьас лъикӏал кьуна.\nПатӏимат Гьитӏинова\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ ракӏ-ракӏалъго баркулеб буго Залмуда гьайбатаб юбилей. Гьарула сахлъи ва икъбал."}
{"slug": "14899-gaburase-kvas-kvanarase-nakh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14899-gaburase-kvas-kvanarase-nakh", "title": "Гьабурасе-квас, кванарасе-нах", "date": "2021-11-18 10:58:22", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Росдал магӏишат ва гьелъул нигӏматал къачӏай республикаялъул экономикаялъул бищунго кӏвар бугеб бутӏа кколеблъи буго щаклъи гьечӏеб хӏужа. Бакӏал раялда ва даран-базаралда гӏемерал гӏадамал хӏалтӏулел ругониги, бюджеталде гьез кьолел налогазул къадарги гӏезегӏан цӏикӏкӏараб бугониги, росдал магӏишаталъул даражаялде гьел рахунаро. Промышленность, хасго бакӏаб, нилъер гьаниб лъалеб хӏалалъул багъа-бачариялда жеги гьечӏо, туризмги гьанжего-гьанже цебетӏолеб буго. Амма жакъа росдал магӏишаталда буго азаргогӏанасеб гӏаммаб магӏишат (СПК, агрофирма, ООО ва цогидабги), 17 азарго фермеразулаб магӏишат (КФХ) ва 485 азарго ЛПХ (жалго жидедаго чӏараб магӏишат). Дагъистаналъул ВРПялда (къватӏибе биччараб тӏолабго продукциялъул ва кинабго бича-хисаралъул гӏаммаб багьа) гьелъ ккола 21 процент. Нилъер гьаниб буго тӏолабго Россиялъул гӏи-цӏцӏаназул 21,3 процент (1 бакӏ), чӏегӏербоцӏул 5,3 процент (3 бакӏ), гӏезабула овощазул 8,6 процент (1 бакӏ)), пихъил 4,4 процент (7 бакӏ), цӏолбол 33-гӏанасеб процент (1 бакӏ), квасул 25,4 процент (1 бакӏ).\nХурухъанлъи\nХурухъанлъи буго росдал магӏишаталъул аслиял бутӏабазул цояб (валовияб продукциялъул 43-гӏанасеб процент). Республикаялда буго 464 азарго гектар рекьулел ракьазул, гьезда гьоркьоса 280 азарго гектар буго лъалъалел ракьазул, 28,9 азарго гектар — ахазул ва 183 азарго гектар — харибакӏазул. Рекьулел ракьазул 42,9 процент ккола могьолал культурабаз, 37,2 — кормаялъе хьалез, 10,8 — овощаз, 5,1 — картошкаялъ, 2,5 — бахчабаз ва 1,5 — нах бахъизе хьараз. Могьолазда гьоркьоб аслияб бакӏ ккола ролъуца, кӏиабилеб бакӏалда буго пурчӏина, лъабабилеб бакӏалда — пиринчӏ. Хаслихъе хьалел могьолал культурабаз исана ккун букӏана 93,9 азарго гектар ва гьениса бакӏарана 213,5 азарго тонна тӏорщалил (цо гектаралдаса 22,7 центнер, гьеб кколаро беццизе гӏураб хӏужа). Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул баяназда рекъон, тӏоцебесеб октябралде республикаялда бакӏарана овощазул 1033,4 азарго тонна, пихъил — 170,3 азарго тонна, картошкадул — 282,2 азарго тонна. Хӏадурана харил — 1335,5 азарго тонна, сумал — 144,3 азарго тонна, сенажалъул — 17,5 азарго тонна ва силосалъул — 12,4 азарго тонна. Рахь цӏикӏкӏиналъе хасало чӏегӏербоцӏуе кьезе сенажгун силос хӏадурулеб буго мукъсанабго къадаралда. Гьелъие гӏилла — техника гӏоларого букӏин, запчасталгун цӏатари хиралъи ва гӏемераб цогидабги. Амма гьеб киналъулго хӏасилалда гӏемерго гӏодобе кколеб буго бечӏчӏулеб рахьдал къадар.\nПиринчӏ\nГьеб буго хӏакъикъаталдаги нилъер гьаниб цӏилъулеб, цебетӏолеб, лъикӏал хӏасилал рихьизарулеб бутӏа. Ахираб лъабго соналда жаниб гьеб хьалеб ракьалъул гӏатӏилъи цӏикӏкӏана 25 проценталъ, гьениса бакӏарулеб тӏорщел — 37 проценталъ.\n2020 соналда Дагъистаналда бакӏарана пиринчӏалъул 112 азарго тонна (Краснодар краялда хадуб тӏолабго Россиялда 2 бакӏ), гьединаб къадар жеги киданиги бакӏарун букӏинчӏо нилъер гьаниб. Исана соналъул хӏасил лъала дагьаб нахъа. Дагьабги цӏикӏкӏун гьеб цебетӏеялъе квалквалал гьарулел гӏиллаби ккола хӏажатаб къадаралда лъалъалеб лъеца хьезабун бажарунгутӏи, мелиоративияб система къачӏазе ккараб хӏалалда букӏин ва пиринчӏ бакӏарулел комбайнал гӏураб къадаралда гьечӏолъи. Гьел масъалабиги тӏуран, цоги сурсаталги хӏалтӏизарун хадуб, республикаялъул планалда рекъон, 2024 соналда бакӏаризе ккола пиринчӏалъул 140 азарго тонна ва гьелъул 90 процент къачӏазе ккола республикаялдаго.\nАхихъанлъи\nАхал руго 28,9 азарго гектар гӏатӏилъиялда, гьезда гьоркьоса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолел ахазул. Ахираб 3 соналда жаниб республикаялда чӏана цӏиял, интенсивияб тайпаялъул ахазул 1,5 азарго гектар. Ахираб заманалда ахихъабаз хасго цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго суперинтенсивиял технологияздалъун (цо гектаралда 2500 саженец, пихъ кьезе байбихьула лъабабилеб соналда, гектаралдаса кьола 50 тонна) ва дагь-дагьккун тӏинкӏулеб лъеца лъалъалеб къагӏидаялде. 2024 соналде щвезегӏан, церетӏурал къагӏидабаздалъун цӏиял ахал чӏезе ккола жеги 1,2 азарго гектаралда. Ахихъабазда церечӏарал аслиял масъалабилъун ккола пихъ къачӏай, гьеб цӏуни ва саженцал гӏезарулел питомниказул хӏалтӏи гьаб заманалъул тӏалабазда рекъараб даражаялде бахинаби.\nКартошка\nКартошка бекьула 20 азаргогӏанасеб гектаралда (аслияб куцалда Лаваша, Гӏахъуща, Буйнакск, Хасавюрт ва Хив районазда) ва гьоркьохъеб хӏисабалда бакӏарула гьелъул 350-400 азарго тонна. Бахчабаз ккола 7 азаргогӏанасеб гектар (аслияб куцалда Гъизляр, Нугъай, Бабаюрт районал) ва бакӏарула гӏага-шагарго 200 азарго тонна.\nЦӏолбохъанлъи\nРеспубликаялда цӏибил чӏун буго 26,3 азарго гектаралда, гьезул 21,2 азарго ккола бачӏин кьолеб заманалде щвараб. Гьарурал хӏисабазда рекъон, исана республикаялда бакӏаризе ккола 200 азарго тонна цӏолбол, гьелдаса 150 азарго тонна ине ккола батӏи-батӏияб тайпаялъул гьекъолел лъинал, сокал рахъизе. Ахираб 5 соналда жаниб цӏияб цӏибил чӏана 5856 гектаралда, исанаги чӏезе буго азаргогӏанасеб гектаралда. Цӏолбол алкоголияб продукция гьабизе лицензия республикалда буго 17 предприятиялъул. Гьез къватӏибе биччараб гӏаммаб продукция (коньяк, шампанское, чагъир) исана 9 моцӏида жаниб, араб соналъул гьебго болжалалда данде босун, дагьаб гӏодобе ккана.\nОвощал\nОвощал гӏезари соналдаса соналде цебетӏолеб буго. Гьел гӏезариялъул рахъалъ (2020 соналда бакӏарана 1332 азарго тонна) Дагъистаналъ Россиялда ккола 1 бакӏ. Овощазда гьоркьоб аслияб бакӏ ккола хъапустӏаналъ, гьелъул 13 азарго гектаралдаса бакӏарула 700 азаргогӏанасеб тонна.\nЦӏакъго лъикӏаб хӏалалда цебетӏолеб буго теплицабазул магӏишат. Гьабсагӏаталда республикаялда буго теплицабазул 631 гектар, гьезда гьоркьоса 50 теплица ккола щибалъул гӏатӏилъи цо-цо гектаралдаса тӏаде унеб. Теплицабазда гӏезарулел овощазул къадаралъул рахъалъ республикаялъ тӏолабго Россиялда ккола анкьабилеб бакӏ, СКФОялда — кӏиабилеб бакӏ. 2024 соналда теплицабазул гӏаммаб гӏатӏилъи бахинабизе буго 660 гектаралде. Гьеб бутӏаялда церечӏарал аслиял масъалаби ккола лъалъалеб лъеца ва тӏабигӏияб газалъ хьезариялъулъ ругел захӏмалъаби.\nГӏи-боцӏухъанлъи\nГьеб рахъалъги Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда. «Дагъстаталъул» баяназда рекъон, Дагъистаналда буго 966,8 азарго бетӏер чӏегӏербоцӏул (араб соналъул гьебго болжалалда букӏаралъул 94,8 процент) ва гьезда гьоркьоб 463 азарго гӏака (95,5 процент). Гӏи-цӏцӏаназул буго 4786,5 азарго бетӏер (96 процент), гьеб ккола тӏолабго Россиялда бугеб къадаралъул 20 процент, ай Дагъистан буго тӏоцебесеб бакӏалда. Гӏанкӏу-хӏелекоялъул буго 4173,9 азарго бетӏер (96,5 процент). Республикаялда исана гӏи-боцӏухъанлъиялъ гӏезабуна: боцӏул ва гӏанкӏудал гьанал — 107,9 азарго тонна (чӏагояб цӏайи), рахьдал — 689,6 азарго тонна, квасул — 14,5 азарго тонна. Санайил гӏезабула 35 азарго тонна гӏиял гьанал, гьелдаса 15 азарго тонна битӏула Россиялъул цогидал регионазде ва бичула къватӏисел пачалихъазе. Гӏанкӏудул гьанал тӏалабал нилъеца 55-56 проценталъ гурони тӏураларо, хутӏараб баччула Ставрополь ва Краснодар краяздаса, Ростов ва Москва областаздаса.\nГӏанкӏудал ханазул тӏалаб тӏубала 30 проценталъ, цогидаб баччула Краснодар ва Ставрополь краяздаса, Свердловск областалдаса ва Чачан республикаялдаса.\n2021 соналда авлахъазда хӏалтӏизабизе хӏисабалде босун буго 12,4 азарго тонна минералиял удобрениязул. Санайил авлахъазде (аслияб куцалда овощал ва бахчаби рекьулел ракьазде) бала 1,5 млн. тонна ракул. Жибго гьитӏинаб бугониги, зарал цӏакъго кӏудияб бугелъул, гарцӏазде данде щибаб соналъ 100 азарго гектаралъул гӏатӏилъиялда (Нугъай, Тарумовка, Гъизляр ва Бабаюрт районазда) хӏалтӏизабула батӏи-батӏияб загьру. Ахирал соназда цӏикӏкӏунеб буго магӏишатаз босулеб техникаялъул (тракторал, комбайнал ва гь. ц) къадарги. 2020 соналда босун букӏана 591,4 млн гъурщил багьаялъул гьединаб техникаялъул 402 единица (2019 соналда дандеккун — 153 процент). Исана соналъул 9 моцӏида жаниб босана 246 единица (465,6 млн гъурущ), гьезда гьоркьоб — 64 трактор ва 10 ролъ бакӏарулеб комбайн. Кинабго техникаялъул багьа лъагӏалил ахиралда бахине ккола 500 млн. гъурщиде, гьеб буго гъоркьиса букӏаралде данде 130 процент. Нилъер шартӏазда гьелъул бугеб цӏакъго кӏудияб кӏварги бичӏчӏун, республикаялда гьабулеб буго мелиоративияб хӏалтӏи. 2021 соналда тӏуразе руго гьадинал хӏалтӏаби: цӏидасан хӏалтӏизе биччазе буго 4774 гектар ракьалъул, мелиоративияб ва культуртехникиял хӏалтӏаби гьаризе руго 670 гектаралда, фитомелиоративиял тадбирал тӏоритӏизе руго 4700 гектаралда, лъим щвезабизе буго 2500 гектаралде.\nРугел планазда рекъон, 2021 соналда къватӏисел пачалихъазде нилъеца бичизе ккола (экспорт) 27,3 млн долларалде росдал магӏишаталъул нигӏматал. «Экспорт продукции АПК» абураб регионалияб проекталда рекъон, 2024 соналде гьеб бахине ккола 33 млн. долларалде. Гьебго соналде Дагъистаналда бакӏаризе (гӏезабизе) ккола (ругел планазда рекъон): ролъ — 451 азарго тонна, пиринчӏ — 140 азарго тонна, картошка — 372 азарго тонна, овощал — 1608 азарго тонна, пихъ — 240 азарго тонна, боцӏул ва гӏанкӏудал гьан — 277 азарго тонна, рахь — 938 азарго тонна, квас — 14,5 азарго тонна, хоно — 254 миллион.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "14901-l-itsa-gabuleb-bugeb-kvalkval", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14901-l-itsa-gabuleb-bugeb-kvalkval", "title": "Лъица гьабулеб бугеб квалквал?", "date": "2021-11-18 11:03:04", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Ахираб заманалда школазда цӏакъ дагьлъизарун руго рахьдал мацӏалъул дарсал. Щай гьедин бугебин гьикъидал, цо-цояз абулеб буго добасан гьединаб амру бачӏанин абун. «Доваги» кинго ватуларо школазе гьединаб амру гьабурав хӏакимчи. Лъида бараб бугеб рахьдал мацӏалде чан сагӏат кьелеб абураб масъала? Гьелъул хӏакъалъулъ бицине бокьун буго гьаб макъалаялда.\nЧамалиго сон буго школалда лъай кьеялъул стандартал хисаралдаса нахъе. Гьебги гьабуна улкаялъул, Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏукмуялда рекъон. Нилъер улка гӏемермиллатазулаб кколелъул, рес гьечӏо миллиял мацӏазде кӏвар кьунгутӏиялъе. (Дагъистанияз рахьдал мацӏазде мугъ рехулеб бугониги, улкаялъул цогидал миллиял регионазда гьелде кьолеб кӏвар цӏикӏкӏараб буго). Цӏиял ФГОСал хӏадурулаго, Лъай кьеялъул министерствоялъги кьочӏое босула улкаялъул аслияб закон -Конституция.\nКонституциялъул №68 статьяялда рекъон, РФялъул тӏолабго ракьалда пачалихъияблъун ккола гӏурус мацӏ. Аслияб законалъул №26 статьяялъул кӏиабилеб бутӏаялда рекъон, щивав гражданинасул ихтияр буго рахьдал мацӏ хӏалтӏизабизе ва гара-чӏвариялъегун тарбия кьеялъе жиндиего бокьараб мацӏ тӏаса бищизе.\nГьелде тӏадеги, лъай кьеялъул идарабазда мацӏал малъиялъул суалал рекъезарула 1991 соналъул 25 октябралда къабул гьабураб «РФялъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ» абураб № 1807-1 законалда рекъонги. Гьелда хиса-басиял гьаруна 2018 соналъул лъабабилеб июлалда ва къабул гьабуна № 185 федералияб закон (ФЗ). Мацӏалъул суалазул хӏакъалъулъ бицунеб буго 2012 соналъул 2 декабралда къабул гьабураб «РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб № 273 ФЗялдаги. Гьениб хъван буго, РФялъул республикабазул законодательствоялда рекъон, республикабазул пачалихъиял мацӏал малъизе бегьулила гьезул ракьалда ругел пачалихъиялги муниципалиялги лъай кьеялъул идарабаздаян абун.\nРФялъул республикабазул пачалихъиял мацӏал лъай кьеялъул идарабазда малъула, гьезул пачалихъияб аккредитация бугони ва лъай кьеялъул федералиял пачалихъиял стандартаздаги рекъезарун. РФялъул республикабазул пачалихъиял мацӏал малъизе бегьуларо, улкаялъул пачалихъияб мацӏлъун кколеб гӏурус мацӏалъе зарал кколедухъ.\n«РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб № 273 ФЗялъул 14-абилеб статьяялъул ункъабилеб бутӏаялда рекъон, РФялъул гражданазул ихтияр буго школалда цебесебги, байбихьулги, аслиябги лъай РФялъул халкъазул мацӏазул цояблъун кколеб мацӏалда босизе ва, лъай кьеялъул идарабазул бугеб ресалъухъ балагьун, лъай кьеялъул суалазул рахъалъ законодательствоялъул нормабаздаги рекъезабун, РФялъул халкъазул мацӏазда гьоркьобе унеб рахьдал мацӏ гьениб лъазабизе.\nРехсараб федералияб законалъул 14-абилеб статьяялъул анлъабилеб бутӏаялда рекъон, лъай кьеялъул идараялда цӏали гӏуцӏиялъул суал тӏубазабула лъай кьеялъул идараялъул локалияб акталдаги, гьелъ гӏумруялде бахъинабулеб лъай кьеялъул программаялдаги ва РФялъул законодательствоялдаги рекъон.\nГьебго № 273 ФЗялъул 44-абилеб статьяялъул лъабабилеб бутӏаялда рекъон, кинаб мацӏалда жиндир лъимералъе лъай кьелебали ва лъай кьеялъул идараялда кинаб мацӏ гьесда малъилебали, гьединго кинал факультативал тӏаса рищилелали хӏукму гьабула гьесул эбел-инсуца яги гьев хьихьулел гӏадамаз. Цӏали гӏуцӏулеб мацӏги школалда малъизесеб мацӏги гьез тӏаса бищула лъай кьеялъул идараялъул программаялда рехсарал дарсазда гьоркьоса.\nЩиб абулеб бугеб Дагъистаналъул Конституциялъ?\n2003 соналъул 10 июлалда къабул гьабураб ДРялъул Конституциялдаги рехсон руго рахьдал мацӏал лъазариялъул хӏакъалъулъ нормаби. Масала, 11-абилеб статьяялда хъван буго: «Дагъистан Республикаялъул пачалихъиял мацӏаллъун ккола гӏурусги Дагъистаналъул халкъазулги мацӏал.\nДагъистан Республикаялъ ихтияр кьолеб буго гьелъул ракьалда гӏумру гьабулел киналго халкъазул мацӏал цӏуниялъе ва гьел лъазариялъеги церетӏезариялъеги шартӏал гӏуцӏизе».\nСтатья 30: «Щивасул ихтияр буго рахьдал мацӏ эркенго хӏалтӏизабизе, гара-чӏвариялъеги, лъай щвеялъеги ва творчествоялъеги жиндие рекъон кколеб мацӏ тӏаса бищизе».\nСтатья 42: «Дагъистан Республикаялъул ихтияр буго пачалихъияб лъай кьеялъул стандарталъул регионалияб (миллиябгун регионалияб) бутӏа чӏезабизе».\nЦӏали гӏуцӏиялъул къагӏида\nЛъай кьеялъул идараялда цӏализе ругел цӏалдохъабазул эбел-инсуда дандги бан, лъай кьеялъул идараялъ къабул гьабула цӏали гӏуцӏиялъулги, дарс хӏисабалда мацӏ малъиялъулги суалал рехсараб локалияб нормативияб акт (масала, Школалъул устав).\n№ 273 ФЗялъул 28-абилеб статьяялда рекъон, лъай кьеялъул идараялъухъе кьун буго, ФГОСаздеги рекъезарун, лъай кьеялъул программаби хӏадуризе ихтияр. Гьезие кьочӏое росизе бегьула лъай кьеялъул аслиял программаби. Улкаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ тасдикъ гьабуна буго ФГОСазулги цӏалул планалъулги ункъо батӏияб тайпа. Гьедин гьабуна рахьдал мацӏалда лъай щвезеги рахьдал мацӏ школалда лъазабиялъеги Конституциялъ кьолеб ихтияралдаса лъимал махӏрум гьарунгутӏиялъул мурадалда.\nГӏаммаб лъай кьеялъул ФГОСазги байбихьулгун аслияб гӏаммаб лъай кьеялъул программабазги (гьезда гьоркьоре уна мисалиял цӏалул планазул чанго тайпаги) рес кьола РФялъул ва гьелда гъорлъ ругел республикабазул пачалихъиялги РФялъул халкъазул рахьдал мацӏалги школалда малъизеги гьел мацӏазда цӏали гӏуцӏизеги.\nЧан сагӏат анкьида жаниб кьелеб рахьдал ва гӏурус мацӏал малъиялъе?\nГьеб суалалъе жаваб кьола 2015 соналъул 31 декабралда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьарурал №№ 1576, 1577, 1578 буюрухъаз. Гьезда рекъон, федералиял пачалихъиял лъай кьеялъул стандартазда гьаруна гӏурус мацӏгун адабият ва рахьдал мацӏгун адабият школазда малъиялъул рахъалъ хиса-басиял.\nБайбихьул ва аслияб лъай кьеялъул ФГОСазда рекъон, школалда чара гьечӏого малъизе кколел дарсазда гьоркьор рехсон руго «Рахьдал мацӏ ва рахьдал мацӏалда литературияб цӏали» ва «Рахьдал мацӏ ва рахьдал адабият» абурал дарсал. ФГОСалъул 18.3.1 пункталда рекъон, рехсарал дарсал чара гьечӏого рукӏине ккола лъай кьеялъул идараялъул цӏалул планалда – щибаб классалда кьезе ругел сагӏтазул къадарги чӏезабун. Цӏалул планги ккола лъай кьеялъул программаялъул аслияб бутӏалъун. Цӏалул планалъул чарагьечӏеб бутӏаялда гьоркьобе уна «Рахьдал мацӏ ва рахьдал мацӏалда литературияб цӏали» (байбихьул школалда) ва «Рахьдал мацӏ ва рахьдал адабият» (аслияб гӏаммаб лъай кьеялъул идараялда) абурал дарсал.\nЛъай кьеялъул идараялъул ихтияр буго, цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги мурадги хӏисабалде босун, пуланал дарсазде кьолеб сагӏтазул къадар цӏикӏкӏинабизеги цӏиял дарсал малъизеги.\nТӏадехун рехсарал дарсазе хӏалтӏул программа хӏадурула ФГОСазда рекъон ва тасдикъ гьабула лъай кьеялъул идараялъ, ай школалъ. Гьеб гьабулеб къагӏида рехсон буго 2014 соналъул 28 маялда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьабураб № 594 буюрухъалда рекъон. Цӏалул программаби хӏадуризе ва гьезие къимат кьезе (масала, регионалиябгун миллияб ва миллиябгун маданияб хаслъи хӏисабалде босун бугищали хал гьабизе) ихтияр буго цӏалулгун методикияб цолъиялъул (УМО).\nРахьдал мацӏалъул мисалиял цӏалул программаби хӏадурула РФялъул субъектазда ва, субъекталъул лъай кьеялъул рахъалъ жавабияб пачалихъияб идараялъул хӏаракаталдалъун. Гьезул экспертиза тӏобитӏула федералияб УМОялъ — лъай кьеялъул мисалиял программабазул сияхӏалде росиялъул мурадалда.\nГьаб макъалаялда рехсарал баяналги хъван, 2017 соналъул ичӏабилеб октябралда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ регионалиял министерствабазухъе битӏун букӏана «Рахьдал мацӏалда лъай щвезе бугеб гражданазул ихтияр цӏуниялъул хӏакъалъулъ» абураб № ТС-945/08 кагъат. Гьеб кагътида бицунеб буго, кинал классазда ва кинаб къадаралда, цӏиял ФГОСаздеги рекъезарун, кьезе кколел рахьдал мацӏалъул дарсал. Масала, 2020/2021 цӏалул соналда 10 классалда цӏиял ФГОСал хӏалтӏизе ругеблъиги хӏисабалде босун, гьениб абулеб буго 2004 соналъул лъай кьеялъул стандарт (ГОС) кьочӏое босулеб бугин абун. ГОС-2004 гӏуцӏун буго лъабго бутӏаялдаса: федералияб – чӏезабула РФялъ), регионалияб (миллиябгун регионалияб) – чӏезабула РФялъул субъекталъ ва лъай кьеялъул идараялъулаб – чӏезабула щибаб школалъ яги лъималазул ахалъ.\nГьелдаса бичӏчӏулеб буго: школалда рахьдал, ай Россиялъул халкъазул мацӏ малъизе рес буго, федералияб базовияб планги регионалиябгун школалъулаб компоненталги кьочӏое росун.\nСунцаха квалквал гьабулеб бугеб рахьдал мацӏал школалда малъиялъе? Пачалихъалъ гьелъие кьураб ихтияралдаса пайда босуларел нилъецаго.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "14907-giadamal-khinl-i-gechiogo-teze-begularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14907-giadamal-khinl-i-gechiogo-teze-begularo", "title": "Гӏадамал хинлъи гьечӏого тезе бегьуларо", "date": "2021-11-19 08:16:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кинаб къагӏидаялда тахшагьаралъул коммуналияб магӏишаталъ хасалиде дандчӏвай гьабулеб бугебали цӏех-рех гьабизе ниж щвана Махӏачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъу лев Шамил Мухӏамадовасухъе. Гьесул рагӏабазда рекъон, централияб отоплени ялъул ва хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏразул хал-шал гьабун, хисизе кко лелъур хисун, къачӏазе кколелъур къачӏан хӏалтӏаби гьарун руго.- Исана дунял цу дунго цӏорозе букӏинги хӏисабалде босун, нижеца хӏалтӏабиги цереккунго гьаризе байбихьана. Отопление, хинабгун цӏорораб лъим кьолел рогӏралго гӏадин, нижеца къачӏана канализация, гӏемертӏалаял минабазул тӏохал, подъездал, ай квер бахъана нижер жавабчилъиялда бугеб шагьаралъул магӏишаталда. Хаса лиде хӏадур ругин абурал паспортал кьуна 1772 гӏемертӏалаяб минаялъе.\n— Цӏакъго цӏорораб заманалда токалъул мухъазда ялъуни отопле ниялъул системаялда авариял ккани, хехаб къагӏидаялда гӏунгутӏаби тӏагӏинарун бажарулищ шагьаралъул ЖКХялъухъа?\n— Гьединал лъугьа-бахъинал ругони, бакӏазде ун, гӏунгутӏаби тӏа гӏинарулел хасал къокъаби рукӏуна газалъул, токалъул, лъел жаваб кьолел идарабаз чӏезарун. Токалъул бицани, авария ккарал мухъал къачӏалебгӏан мехалъ, гӏадамазе канлъи кьола цогидаб, ай нахъраталилаб мухъалдасан.\n— Гьедин батани, щайха тахшагьаралда яги гьелда гъорлъе унел поселоказда токалъул къварилъи ккедал, хехаб къагӏидаялда цогидаздасан биччалареб?\n— Биччала. Ахираб заманалда гьединал хӏужабазде цӏикӏкӏун кьолеб буго кӏварги. Мисалалъе, лъел бицани, гӏемерисел гӏемертӏалаял минабазда руго лъим цӏунулел рогӏрал. Авария ккун бугони гьездаса минабазде лъим кьабула кӏиго-лъабго къоялъ. Гьединго токалъулги, ай трансформатор бухӏун бугони, гьеб къачӏазегӏан ток кьола бищунго аскӏобегӏан кколелдаса. Палхӏасил, гӏадамал квачакъго толаро. Амма кидаго гуро нижее бокьухъе кколебги. Рукӏуна цо-цо цӏакъго рес къотӏараб ахӏвал-хӏалги.\n— Гӏазу-цӏад бани, цебе гӏадин, гӏалагъважа букӏине бугищ шагьаралъул къватӏазда?\n— Цӏорой ккелалде нижеца исана кинабго хӏисабалде босун буго. Тӏоцебесеб иргаялда, къачӏан буго къватӏаздаса гӏазу хъвалеб техника. Гьеб хӏалтӏи тӏубазе буго «Махӏачхъала-1» МБУялъ. Нухаздаса цӏер биинабизелъун хӏадурун буго 800 тонна салул, 40 тонна химиялъул реагентазул ва 70 тонна цӏамул. Гьединго рацӏцӏад гьарун руго канализациялъул рогӏрал, люкал. Гӏемертӏалаял минабазда хадур рухьинарурал хъулухъ гьабулел компаниязги тӏоритӏана хал-шал гьабиялъул тадбирал. Гьез нижехъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда гӏунгутӏаби ругел бакӏал гьечӏо. Темирхан ХӏАСАНОВ"}
{"slug": "14969-energetika-khasalide-95-protsental-khiadur-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14969-energetika-khasalide-95-protsental-khiadur-rugo", "title": "Энергетика: хасалиде 95 проценталъ хӏадур руго", "date": "2021-11-25 10:53:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахирал соназда хисулел рукӏараздаса 20 нухалъ цӏикӏкӏун токалъул хӏубал хисун руго исана республикаялда (7 120 хӏуби), лъабго нухалда цӏикӏкӏун рачун руго токалъул кваралги (146, 8 тонна). Анлъго нухалъ цӏикӏкӏун трансформаторалги къачӏан руго (887 подстанция).\nГьедин бицана журналистазе «Дагъистан» РИАялъул редакциялда гьелгун дандчӏварав «Россети Северный Кавказ» – «Дагэнерго» ПАОялъул Управлениялъул начальник Къурбан Гӏумаровас.\nГьедин хасалиде хӏадурлъиялъул рахъалъ хӏалтӏи жидер компаниялъ 95 проценталъ тӏубазабунин бицана гьес. Гьебги гьабунила пандемиялъул заманалда чӏезарурал гьукъа-къаязухъги балагьичӏого. Хутӏараб щуго проценталъ хӏалтӏи нухда хутӏун буго, къайиги босун къватӏисахун рачӏунел чагӏи кватӏиялъ. Гьанже тӏаде щун рагӏула гьеб къайи.\nТок сванилан гӏадамазул аслияб ахӏи-хӏур Махӏачхъалаялдасан букӏунелъул, Гӏумаровасе кьолел суалалги тахшагьаралда хурхарал рукӏана. Гьес бицана Махӏачхъалаялда капиталияб куцалда къачӏанила 37 подстанция, хисанила 10 трансформатор.\nГьел киналго хӏалтӏаби гьаризе Дагъистаналъул энергетиказе кумекалъе ахӏун букӏун буго «Россети Северный Кавказ» компаниялъул 25 бригадаги.\nГьединго транспорт хьвадизе санагӏалъи гьечӏел бакӏазде жидер къайи босизе кӏудияб кумек магӏарухъ ругел гӏадамаздасаги щванин бицана Къурбан Гӏумаровас. Гьал къоязда интернеталда бугоан Цӏумада районалъул цо росулъе гӏадамаз жидецаго баччун унеб трансформатор.\nХасел тӏаде щванщинахъе магӏарухъ ток щай дагьлъулеб, яги свинабулеб, гьалгощинал ГЭСалги рукӏагоян, «Хӏакъикъаталъул» рахъалдасан кьураб суалалъе Гӏумаровас жаваб кьуна гьедин бицинегӏан гӏемер свинабуларила доба ток. Свинабуниги, басралъараб техникаги кваралги хисизегӏан ссунеб батилила гьеб. Гьединго, напряжение дагьлъиялъе гӏиллалъунги гьес рикӏкӏунеб буго гьанже гӏадамаз электроприбораздаса цӏикӏкӏун пайда босулеб букӏин."}
{"slug": "14970-makhshchel-tiokiav-uchitel-vugoni-repetitorgo-khiazhal-ularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14970-makhshchel-tiokiav-uchitel-vugoni-repetitorgo-khiazhal-ularo", "title": "Махщел тӏокӏав учитель вугони, репетиторго хӏажалъуларо!", "date": "2021-11-25 10:55:51", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дагъистаналъул халкъияв учитель, Россиялъул мустахӏикъав учитель Бартихан Гӏумаров 19 соналъ хӏалтӏулев вуго Буйнакскиялъул профессионалиябгун педагогияб колледжалда директорлъун. Миллиял мацӏазде бугеб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ бицана гьес нижее.\n— Кинал хиса-басиял гьарун ругел колледжалда ахираб заманалда?\n— Педагогияб училище рагьун букӏана мугӏрузул районазе учительзаби хӏадуриялъул мурадалда. Гьанир хӏадурулаан байбихьул школалъе педагогал. Улкаялда чӏахӏиял хиса-басиял ккун хадуб гьанир хӏадурулел руго батӏи-батӏиял махщелчагӏи. Гьаб заманалда пайда бугеблъун рикӏкӏуна школалда цебесеб лъай кьей, щайгурелъул школалда цебесеб лъай щвечӏеб лъимер школалде босизецин бегьуларо. Лъималазул ахикь гьабизе ккола гӏаммаб лъай кьеялъул тӏоцебесеб хӏадурлъи, ай советияб заманалда подклассалда малъулеб букӏараб жо, дагьабго къагӏидаги хисизабун, гьанже малъула лъималазул ахалда.\nГьедин гьабиялъе ккана гьадинаб гӏиллаги. Байбихьул школалда лъай (математикаялъул, тӏабигӏат лъаялъул ва гь.ц. дарсал) кьезе ккола рахьдал мацӏалда – гьеб къагӏида хӏакъикъаталда хисизабун гьечӏо жакъаги. Амма школаз, гьеб къагӏидаги хӏисабалде босичӏого, дарсал кьезе байбихьана гӏурус мацӏалда, гьелъие букӏине кколеб хӏадурлъи гьечӏониги. Гьедин дарсал кьезе байбихьараб заманалда лъималазул ахикье Дагъистаналда хьвадулаан тӏоцебесеб классалде рачӏунел лъималазул гӏицӏго 28 процент. Рокъобги къватӏибги бицунеб рахьдал, мацӏги букӏаго, школалде рачӏарал мугӏрузул росабазул лъималазе цӏакъ захӏмалъулаан дарсида бицараб жо бичӏчӏизе. Гьебмехалда муниципалитетал хӏажаталлъун ккана лъималазул ахал рагьизе ва къваригӏана гьенир хӏалтӏизе бажари бугел махщелчагӏиги.\nГьедин нижер колледжалда байбихьана тарбиячагӏи хӏадуризе. Гъоркьиса цӏализе восана 65 студент, исана – 50.\nКолледжалда хӏадурула байбихьул классазул учительзаби гурелги, коррекционнияб школалъе хӏажатал, физкультураялъул педагогалги. Хӏадурулел руго информатикаялъул, графикиял дизайнерал.\n— Цӏиял профилал рагьараб мехалда букӏине ккола гьелъие хӏажатаб материалиябгун педагогияб сурсатги. Кин батараб гьелъие рес?\nПрофессионалиябгун педагогияб колледж абураб цӏар букӏун гӏоларелъул, рагьизе ккана цӏиял махщелалги. Амма букӏинчӏо гьелъие кинабгӏаги хӏадурлъи, материалияб кьучӏ. Гьеб гьабизе ккана нижерго, ай колледжалъул, бюджетиял гурел сурсатазухъ. 19 соналъ вуго дун директорлъун хӏалтӏулев. Кӏочонго тана минабазул капиталияб ремонт гьабураб заманги. Цониги идараялъ, чияс кумек гьабуларо. Министерствоялъги харжал кьезе гӏурабцин кьоларо гӏарац. Масала, бищунго студентазе хӏажатаб жо буго практика – гьебги тӏубала бюджетияб гуреб сурсаталдаса пайдаги босун.\n— Кинаб хӏал бугеб педколледжалда рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ?\n— Дун вуго миллиял мацӏал цӏунизе кколин абулев чи. Магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏони, дагь-дагьккун тӏагӏуна нилъер гӏадатги, гӏамалги, тарихги, маданиятги. Жакъа нилъеца, лъикӏал магӏарул гӏадаталги кӏоченарун, щай росизе кколел гӏараб гӏадатал? Гӏараб мацӏги маданиятги квешаб бугин абулев чи гуро дун. Амма дозулги киналго гӏадатал гурелъул лъикӏал ругел?! Масала, умумузул гӏадаталда рекъон, кӏиго бихьинчи вагъулев вугони, чӏужугӏаданалъ гьезда гьоркьобе кӏаз рехани, рагъ гьоркьоб къотӏулаан. Гьединаб кӏудияб къимат букӏана руччабазул кӏазалъулцин: гьелда тӏад хӏетӏе чӏезе бегьиларин абун, рагъ лъугӏизе толаан. Гьанже рехеха кӏаз: кӏазги мерхьуна, руччабиги мерхьуна. Щиб бугеб: гӏарабазул гӏадат босулинги абун, кафе-рестораналда диваналдаги регун, хъалиян цӏалел рукӏине бегьилищ магӏарул ясал?\nШколалда рахьдал мацӏ малъиялъул суал бигъана Татарстан сабаблъун. Гьениб гӏурус мацӏалда бащадго малъулеб букӏана татар мацӏги. Гьез зани бегизабиялъул хӏасилалда байбихьана гьелъие кьолел рукӏарал дарсал дагьлъизаризе. Жал церетӏураллъун рикӏкӏунел школазул директорзабаз кьолелцин гьечӏо рахьдал мацӏалъул дарсазе сагӏтал. Пачалихъалъул рахъалдасаги чучлъана гьелде кӏваркьей. Советияб заманалда, лъай кьеялъул министрлъун Бадави Хӏажиев вугеб заманалда, гьукъун букӏана меседил медаль кьезе рахьдал мацӏалъул къимат аттестаталда гьечӏев цӏалдохъанасе. Школалда рахьдал мацӏалъул дарсал кьолев учителасул харжалда тӏаде кьолаан 15 процент. Гьеб кинабго хвезабуна. Цадахъго хвана гьелде букӏараб интересги.\nКолледжалда малъула магӏарулги, лъарагӏги ва тумазул мацӏал. Гьел кьолин абун, цо заманалда диде рагъунги рукӏана. Гьанже бачӏунеб буго приказ, рахьдал мацӏалъул дарсал кьезе кколин абун. Хисизаричӏо рахьдал мацӏалъул дарсазе кьурал сагӏталги. Гьел дарсал кьолел преподавателал ккола педколледжазе цӏалул тӏахьазулги методикиял пособиязулги автораллъун.\n— Магӏарулазда гьоркьорги камуларо рахьдал мацӏ школалда малъизе кколарин, рокъоб бицунеб гӏелин гьебан абулел хъизамал…\n— Гьел руго ахӏмакъал пикраби. Гьедин абулел гӏадамаз рокъобги бицунаро рахьдал мацӏ. Бицунеб букӏарабани, жакъасеб гӏелалда кӏоченароан умумузул гӏадатал. Бихьинаб лъимер рокъобе жанибе бачӏани, херай кӏодоцин тӏаде яхъунаан. Гьанже кӏудияв чи жаниве вачӏаниги, кӏусараб бакӏалдаса щуруларо гӏолохъанал ясал.\nНижехъеги рачӏуна цо-цо улбул, жиндир лъимер рахьдал мацӏалъул дарсаздаса эркен гьабеян абун хъвараб гӏарзаги босун. Амма цониги чи эркен гьавичӏо. Студентазул улбузда бичӏчӏизабизе ккола мацӏалъул кӏвар. Накъитаздаса хадуб гьезда бичӏчӏула колледжалда кьолел киналго дарсазул пайда букӏунеблъи.\n— Тӏехь, газета, миллияб басмахана, театр – гьел ккола мацӏ цӏунулел алаталлъун. Кинаб бухьен бугеб колледжалъулгун миллиял театразул, газетазулгун журналазул редакциязулгун?\n— Лъагӏалида жанир кӏицӏулниги нижехъе гьоболлъухъ рачӏуна миллиял театразул актерал, кьола спектаклял, рихьизарула концертал. Студентазе цӏакъ рокьула гьезухъ балагьизе.\nНижеца кидаго гьабула «Хӏакъикъаталъул» подписка. Студентазухъа гьеб бажаруларо гьабун, амма колледжалъул киналниги преподавателал-магӏарулаз гьеб хъвала ва дарсазда хӏалтӏизарула гьелдаса макъалаби.\n— Студентазул общежитие букӏараб бакӏалда гьабун буго цӏалул корпус…\n— Цӏияб статусги гьелда рекъонкколел профилалги рагьараб мехалда гӏемерлъана студентазул къадар. Буйнакскиялда мина кьвагьараб мехалда биххун араб общежитиялъул мина рехун тун букӏана, директорлъун дун вачӏараб мехалда. Преподавателазгун студентаз цӏидасан бана гьеб ва гьенир гӏуцӏана цӏалул кабинетал. Доб заманалда гьанив цӏалулаан 300-400 студент, гьанже вуго азаргоялдаса цӏикӏкӏун очно ва 350-400 заочно цӏалулев чи. Гьединлъидал гӏолеб букӏинчӏо цӏалул корпус.\nСтудентазе общежитие буго Махӏачхъалаялъул шоссе абураб къотӏноб. 400 чиясе бакӏ буго гьениб, амма гьабсагӏаталда гьенив вуго 150-ялдаса цӏикӏкӏун студент. Гьезул цӏикӏкӏараселги ккола магӏарул районаздаса рачӏарал ясал. Ясазе лъикӏги буго гьениб. Гьениб гӏумру гьабулел ясазул ккечӏо квешаб хьвада-чӏвадиялъул цониги хӏужа. Шагьаралда рукъги ккун ругелаздаса гӏадлу-низамги букӏуна гьезул. Сордо-къоялъ гьенир рукӏуна тарбиячагӏи. Бакъанидаса хадуб жаниве-къватӏиве чиги виччаларо. Моцӏида жаниб 150 гъурущ босула гьезухъа. Гьеб кьезе бажаруларелги руго ясал. Лъикӏал шартӏалги гӏуцӏун руго гьенир.\n— Абулеб буго тарбия кьеялде кӏвар цӏикӏкӏинабеян абун. Студентазулгун накъитал гьарулищ психологаз?\n— 1990-абилел соназда хвезабуна школалда тарбия кьеялъул хӏалтӏи. Нилъеца цин хвезабула, хадуб цӏигьабизеян лъугьуна. 50 соналъ педагоглъун хӏалтӏана дун, гьелда гьоркьосаги 38 соналъ – нухмалъулеб хъулухъалда. Дица киданиги гьоркьоб къотӏизе течӏо тарбия кьеялъул хӏалтӏи. Гӏемер хӏалтӏи гьабула психологазги преподавателазги. Адаб гьабизе куцазе ккола нилъеца гӏолеб гӏел.\n— Нилъер газета цӏалулезде кинаб хитӏаб гьабилеб дуца?\n— Нилъеца цӏакъго гӏодобе ккезе тун буго лъай кьеялъул иш. Цо-цо умумузда ракӏалде кколеб буго, жидеца гӏарацги кьун, диплом босани, цадахъго лъайги босулеб бугин абун. Бичӏчӏизе ккела, лъай босун бажарулареблъи. Ичӏго классги лъугӏизабун, рачӏуна гьанире цӏализе лъимал. Гьезул аттестаталда рукӏуна ункъилал-щуйилал къиматал. Гьабула гьезулгун гара-чӏвари – лъабилалъулцин лъай батуларо. Унтун буго нилъер лъай кьей – гьеб сах гьабизе ккола. Гьеб сах гьабиги бараб буго нилъер цӏалдохъабазул эбел-инсуда. Гьез тӏалаб гьабизе ккола жидер лъималазе камилаб лъай кьеян абун. Къватӏисел улкабазда гьадинабго хӏал чӏезабун букӏарабани лъай кьеялда, гьел церего къватӏире рахъине рукӏана. Нилъерал, щиб гьабулеб бугониги, сихӏтун чӏолел руго.\nПуланаб школалъул директоралъ абун бугила, лъай школалъ гуреб, репетитораз кьезе кколин абун. Махщел тӏокӏав учитель вугони, репетиторго хӏажалъуларо! Нилъ школалда цӏалулеб заманалда репетиторалищ рукӏарал? Школа лъугӏарал цӏалдохъаби доб заманалдаги унаан улкаялъул къадруял вузазда цӏализе. МГУялъул ректор Михаил Садовничиясцин абулеб буго, киредила арал доб мехалъ рукӏарал абитуриенталин абун! МГУялдацин гӏодобе ккун батани лъаялъул даража, цогидаз щиб гьабилеб?\nЖакъа школалде, лъай кьеялъул идараялде рачӏуна гӏемер кагътал. Гьезие жавабал кьолел рукӏун, дарсал кьезе заман гӏоларого буго учителасулги школалъул нухмалъиялъулги. Гьединаб хӏал лъугӏизабизе заман щун буго.\nГара-чӏвари гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "14973-insul-rasenalgi-tsiunulago", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14973-insul-rasenalgi-tsiunulago", "title": "Инсул расеналги цӏунулаго…", "date": "2021-11-25 11:08:58", "categories": ["gara"], "text": "«Гьаб нижеца гьабулеб жоги щибилан ккелаха цо-цо чиясда. Бихьичӏесул хьул лъоларин абухъе буго гьалъул иш. Гӏемераб хайир щолеб жо аб гуро», — илан бицунеб букӏана Мухӏамадрасулица, жиндирго хӏалтӏудеги машгъуллъун. Гӏарцул курхьеналда тӏад гьарурал накъишал маржанул кьералъ релъун рахъинарулев вукӏана гьев.\nГьелго гӏарцул тӏагӏалаби рикӏулелниги, рукӏинесел курхьабазул куцал рахъулелниги ругоан Мухӏамадрасулил вацал — Гьиматги Ахӏмадги.\nГьел лъабалго ккола Репинил цӏаралда бугеб РСФСРалъул Пачалихъияб Премиялъул лауреат, Гьоцӏалъа Гьиматов Базарганил васал.\nБазарган гьавуралдаса 95 сон тӏубаялда хурхун октябралъул ахиралда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Мухӏамадрасулил хӏалтӏабазул выставка.\nГьесда гьеб баркун, выставкаялде рачӏун рукӏана ДРялъул Художниказул союзалъул председатель Къурбангӏали Мухӏамадовги, Россиялъул халкъияв художник Хӏамзат Гъазимухӏамадовги, Хунзахъ районалъул нухмалъулев Нурмухӏамад Задиевги, районалъул жамгӏияб палатаялъул нухмалъулей Раисат Гӏусмановаги, цогидалги.\nМухӏамадрасулил хӏалтӏаби киналго узданалги къанагӏатал ругониги, гӏемерисел лъалхъулел рукӏана гьес гьабураб гӏарцул яргъида аскӏор. Гьеб бугоан Хунзахъа Хъайтмаз Аварскиясул заказалда рекъон, устарас гьабураб ярагъ. Чанго гӏасруялъ цере рукӏарал нилъер умумуз гӏадин, тункӏалги, хвалчабиги, лъалиниса рахъидал хучдул лъугьунел гӏунсбиги гьаризе махщел букӏиналдаго цадахъ, бокьарав тарихчиясда кинниги, тӏокӏкӏун лъалеб бугоан Мухӏамадрасулида яргъил тарихги хунжрузулгун хвалчабазул хаслъиги (масала, чол горбода хъваларедухъ чотӏахъанас лъалиниса хвалчен кин бахъизе кколебали). Гьединго бицуна Гъиргъизиялъул президентлъун вукӏарав Аскар Акаевасул лъадуца бан бугин Мухӏамадрасулица гьабураб курхьенилан.\nГьеб выставкаялда хурхун цохӏо Мухӏамадрасулилгун гьабизе ракӏалда букӏараб гьаб гара-чӏвари сверана инсул хӏакъалъулъ васазул ракӏалдещвеязде, искусствоялдехун хӏукуматалъул цо-цо вакилзабазул бугеб бербалагьиялъул бициналде ва гьоцӏдерил накъишазулгун устарзабазул хаслъи рехсеялде.\nГӏолохъанлъуда биологлъун цӏаланиги, инсуца абухъе, ахирги умумузул ишалде тӏад вуссун вуго Гьиматги. Гьоцӏдерил художественнияб комбинаталъул директор ккола гьев.\nАхӏмадилги букӏун буго нусидаса цӏикӏкӏун чи хӏалтӏулеб, живго бетӏергьанаб гӏарцул тӏагӏалаби гьарулеб предприятие. Амма тӏадеялдаса тӏаде налогал цӏикӏкӏинариялъги, хӏаталдаса ун гӏемер документ бакӏаризе кколеб букӏиналъги, цогидалъги къазе ккун буго гьеб.\nБазарган\n— Гьоцӏдерил устарзабазул цӏар бахъидал, нужер эменги Жамалудинил Мухӏамадги цере чӏола…\nМухӏамадрасул: — Жамалудинил Мухӏамад кколаан нижер инсул учительги гьудулги. Росулъ комбинат рагьараб къоялдаса нахъе цадахъ рукӏана гьел. Мухӏамад — комбинаталъул директорлъун, эмен — бетӏерав инженерлъун.\nГӏарцуда накъишал рахъулеб гӏебу анкьго сон бараб мехалда кодобе босичӏони, унго-унгояв устар вахъунарин абула. Амма инсуца гьеб босана 31 сон бараб мехалда. 1958 соналда комбинат рагьидал, накъишал рикӏизе ругьунлъарав гьев, 1971 соналдаго вахъун вукӏана СССРалъул мустахӏикъав художниклъунги Репинил цӏаралда бугеб Пачалихъияб премиялъул лауреатлъунги.\nКомбинаталде вачӏинегӏан эмен Хунзахъ Культураялъул рукъалъе нухмалъи гьабулев вукӏана. Кутакалда махщел букӏана кьурдизеги. 1957 соналда Северияб Кавказалъул даражаялда тӏоритӏулел кьурдул къецазда инсуе тӏоцебесеб бакӏ щун букӏана. Гьениб гьесие сайгъат гьабун букӏана «Свема» абулеб фотоаппаратги. Кьурдул формаги ретӏун, жинцаго жиндирго бахъараб суратги буго гьесул.\nЦо заманалда пединституталда художествиябгун графикияб факультет рагьидал, гьениве дарсал кьезе ахӏана эмен. Дахадаевасул къотӏноб рукъги кьуна нижер хъизамалъе. Амма гьоцӏдерил комбинат нахъе кколеб бугин, гьелъие нухмалъи гьабизе эмен цӏидасан росулъего ахӏана районалъул тӏалъиялъ. Гьедин, 1973 соналдаса 1983 соналде щвезегӏан, гьенив директорлъун хӏалтӏана.\nЦӏар-рецц къваригӏарав чиги вукӏинчӏо гьев. «Хӏакъикъаталда» хӏалтӏулев вукӏарав Гьиматов Мухӏамадкамилица хъвараб макъалаялда инсуца бицунеб бугоан жиндир гӏумру анила чияца веццун, жинцаго какун.\nАмма расги нечечӏого абизе кӏола дида гравировкаялъул рахъалъ инсулъе вахарав устар вукӏинчӏин. Филиграналъе бергьарав Жамалудинил Мухӏамадги вукӏана.\nЦӏакъго къиматаб хӏалтӏи буго инсуца гьабураб – «Гьоцӏалъ» абун цӏар тараб гӏарцул хъаба. Цо-цоязда ккезе бегьула дица жиндирго инсул хӏалтӏи беццулеб бугин. Амма нилъер маданияталъе лъураб памятниклъун рикӏкӏине бегьула гьеб. Щайин абуни, гьениб цолъизабун буго гравировкаги филиграньги. Экспертазги кӏудияб къимат кьуна гьелъие. Гьединлъидал нижее бокьун буго гьеб хъаба Дагъистаналдаса къватӏибе биччачӏого, гьанибго хутӏизе. Нижедани кӏолаан гьеб Москваялде, Бакъбаккул рахъалъул искусствоялъул музеялъеги бичизе. Гьеб мурадалда нижеца хитӏаб гьабуна республикаялъул Культураялъул министерствоялде, гьеб бичун босеян. Министралъул заместителас жаваб бачӏунеб буго тарихияб музеялде щайила нужеца гьеб гьадинго кьоларебилан. Хӏакимзабазул рахъалдаса гьединаб бербалагьиги дандчӏвала цо-цо мехалда.\nСундуего махщел букӏана инсул. Жамалудинил Мухӏамадицаги абулаан хабар бицине, кьурдизе, вагъизе, хвалчад, заруд вахъине кканиги, гьав Базарган цӏакъ ярагьунев чи вугилан. Гьедин гьанжеги абула росулъ Базарганил кьурдийилан, Базарганил рагӏийилан. Буго Базарганил накъишги. Гьес гьеб ургъун буго Гъамсукьа Чаландарил накъишги, кубачиязул, тумазул ва цогидазул накъишалги кьочӏое росун. Гьединго Гьоцӏалъ басриял хабзалалъ заназда рикӏун руго нижер инсул эбелалъул эмен Нургӏалил Гӏалибегица. Гьитӏинаб мехалда эменгун цадахъ гьениреги ун, накъишазул суратал рахъулел рукӏунаан ниж. Гьебги босана инсуца руччабазул курхьабазде ва цогидалде. Москваялда, Бакъбаккул рахъалъул искусствоялъул музеялда буго гьеб хӏалтӏи. Щибаб накъиш буго гьениб гьале жибилан абулеб куцалда мухӏканго бихьулеб.\nИнсуца жеги ургъана карудал, цӏолбол хьопалъул, тӏавус-хӏанчӏил рачӏалъул форма бугел накъишал.\nЦоги, инсуца ургъана бархаталъул чеканкаги. Тӏад жо кьабураб мехалда жанисан чӏегӏерлъун, алмазал лъураб гӏадин паркъола гьеб. Жибго гӏадатияб чеканкаялъул фон абуни хъахӏаб букӏуна.\nСтудентлъун вахъараб мехалда дирго цо хӏалтӏиги бихьизабун, инсул пикру цӏехана дица. Я лъикӏин яги квешин абичӏого, гьес жаваб кьуна, валлагь, ругьунлъараб мехалда лъикӏав устар вахъинин дурилан абун. Инсуца дир хӏалтӏи беццана хадуб, 1990-абилел соназул байбихьуда хӏежалде унел чагӏаз бичулеб батараб мельхиоралъул ханжарги биххун, цӏидасан гьелъул копия гьабун хадуб. Гьанже вахъанинха дур устарилан абуна гьес.\nМахщалие гӏей букӏунаро. Дида лъала инсул борхалъиялде дун киданиги вахунаревлъиги. Гъоб мехалда гъосие творчествоялъе ресалги рукӏана, эркенлъиги букӏана. Гьединго гьаб хӏалтӏуе шавкъги къваригӏуна. Вакъарав яги сундулниги ургъалилъ къарав устарас бергьун кутакал хӏалтӏаби гьари щакаб жо буго.\nГьимат: — Дун школалда цӏалулеб мехалда инсуца рокъоре рачӏунаан курхьаби гьаризе хӏадурарал гӏарцул къотӏелал. Къалмица эскизги бахъун, гьелда тӏад накъишал рикӏизе байбихьун букӏунаан гьес гьел. Эмен хӏалтӏуде араб мехалда дун лъугьунаан босун гӏебугун викӏаризе. Амма дихъа гьеб добехун-гьанибехун хъущтӏун унаан яги дидаго къалаан. Цинги рокъове вачӏиндал эмен семиладайинги кколаан. Инсуца, бетӏерги кӏибикӏун, дица рахъарал хӏуччалги ритӏизарун, хисизабулаан накъиш. Гьедин лъабгониги соналъ хвезаруна дица гьесул курхьаби. Цониги нухалда гьазда квер хъвагейинги абичӏо. 9 классалда дун вугеб мехалда курхьаби тӏад ххураб болванкаги босун вачӏана гьев, Гьиматила, гьале гьазда бокьараб гьабейила гьанже, дуда гӏебу кодоб кквезе лъан бугила. Мугӏалимлъиялъе цӏаличӏониги, кутакалда лъалаан гьесда тарбия кьезе, лъималазда кӏалъазе.\nБайбихьуда хӏалтӏи лъугьунарого Ахӏмад хӏалакунеб мехалда, мун щайила хехдарулев, гьединав чиясул хӏалтӏи лъугьунарилан абулаан гьес.\nМухӏамадрасул: — Нижер кӏудияв эменги вукӏана устар. Гьес гьарурал гӏарцул тӏагӏелазухъ къородисезул базаралда картошка-хӏан, нису ва цогидал жалги хисун ячӏунаан нижер кӏодоч-баба. Гьелда хӏал хъублъарав гӏадин лъугьунищали, пуланаб къоялъ кӏудияв инсухъе вачӏун вуго цо чи. Жиндаги малъейин гьеб устарлъи кин гьабулеб жояли абун, ккун кодоб кагъат-къаламгун, цо-цо ккун гьеб хъвазе лъугьун вуго дов. Бицун бугоха кӏудияв инсуцаги. Нахъисеб къоялъ гьесухъе щварал нижеда пикрабалъ ватана гьев. Щибгӏаги дуе ккараб, кӏодоч-дадаян гьикъидал, валлагь, кагътида хъван араб устарлъиялъул щибдай кканаян ургъалилъ вугилан жаваб кьуна гьес велъулаго.\nГьабсагӏаталдаги руго Гьоцӏалъ лъикӏал устарзаби – халкъияв художник Султӏан-Ахӏмад, Муга, Гьиматил Мухӏамад, Мухӏамаднабил Мухӏамад, Гӏабдулхаликъов Гӏабдурахӏман, Геланил Мухӏамад, Хӏажиев Шарапудин, Абакаров Мухӏамадги Лабазанги, цогидалги. Амма гьезул цӏикӏкӏаразул лъималаз босичӏоха гьеб махщел.\nГьоцӏдерил накъиш\n— Кубачиязулги нужерги накъишазул батӏалъи щиб?\nМухӏамадрасул: — Гьезул букӏуна гъункараб, гӏисинаб накъиш. Нижераб дагьаб чӏахӏияб буго. Гьез нижераб яги нижеца дозулаб такрар гьабизе лъугьани, дагьабниги бичӏчӏи бугев чиясда гьелъул батӏалъи бихьула. Нижехъа цояс чурпа бухӏун гьечӏилан абидал, гӏолохъабаз гьесул гъадринибе бащдаб стакан цӏураб пучч бан буго. Гьанже бухӏун бугищилан гьикъидал, бухӏунни бугин, амма доб чурпадул бухӏи гуринха абилан жаваб кьун буго гьоцӏалъес. Гьебго жо ккола гьеб накъишалъулги – чияр хӏалтӏи такрар гьабизе лъугьиналъ унго-унгояб асар кьоларо.\n1958 соналда Гьоцӏалъ художествияб комбинат рагьидал, гьениве Кубачиялдаса чанго устар витӏун вачӏун вуго гьоцӏал ругьун гьаризе. Нижер эменги ругьун гьавун вуго гьез. Гьес бицунаан нижераз кӏиго анкьицаги бикӏун бахъунареб накъиш дозухъа къасиялдаса радалалде бикӏун лъугӏулаанилан. Квер ругьунлъи ккола гьеб.\nНакъишал рукӏине ккола цоялъ цояб нахъе цуларел. Масала, дуда выставкаялда бихьана Хунзахъа Хъайтмаз Аварскиясе дица гьабураб туманкӏ. Гьесул гьари букӏана гьелда тӏад жидер тухумалъул мугьруги, жиндир цӏарги, туманкӏ гьабураб сонги, устар хӏисабалда дирго цӏарги бикӏи. Гьеб киналдаго цадахъ рекъезаруна жалго накъишалги. Амма хонжродаги, руччабаз ралел гӏарцул тӏагӏелаздаги, гулгуналдаги тӏад цого накъишал гьаризе бегьуларо. Элементал цого, гьезул гӏуцӏи абуни — батӏияб. Масала, хӏарпал цого, гьезул лъугьунел рагӏаби батӏиял рукӏунел гӏадинха.\nЭклектика\n— Некӏсиял устарзабаз гьабураб къайи щай багьаяб букӏунебали бичӏчӏуларин жинда, гьездасаги лъикӏал тӏагӏалаби жакъасел устарзабаз гьарулелги рукӏагоян абула дида лъалев кубачияс. Нужеца кин рикӏкӏунеб?\nГьимат: — Некӏсияб тӏагӏел багьаяб букӏиналъе гӏилла ккола гьеб гьабурав устар гьабсагӏаталда чӏаго гьечӏолъи. Устар цевеса ун хадуб гурони гъолъул къимат лъаларо.\nМухӏамадрасул: — Цоги рахъги буго гьелъул – жакъасев устарас гьабураб хӏалтӏи букӏуна дов цевегосев устарасул хӏалтӏиги кьочӏое босун. Масала, гьалейин жиндир хӏалтӏиян, цояс цо тӏагӏел бихьизабун буго искусствоведасда. Цогидас тӏаде жубан буго жинца бахъараб сураталда рекъон гьабунинха гьес гьебилан. Гьеб мехалда искусствоведас гьикъун буго Расул Хӏамзатовас гьабураб кечӏ Муи Хӏасановалъ ахӏани, гьелъул автор щивин кколев, Муийищ яги Расулищилан. Гьебго жо буго гӏарцул устарлъиялда жанибги.\nГьанжесел устарзабазе кумек буго цӏи-цӏиял технологиязул. Нилъер умумуз абуни квартӏа-гъецӏ къватӏибе бахъулаан бакъ щвараб къоялъ. Кьерханкъоялъ кинаб канлъиха гъозда бихьулеб букӏун батилеб? Нижер кӏудияв инсул букӏана полировка гьабулеб алатилан цо гьадил цӏулал гьабураб жо. Гъолда тӏад лахӏги жужан, кверал сваказегӏан гӏарцул тӏагӏел лъулъалев вукӏунаан гьев. Гьанже ругел алатаз жеги мухӏкангоги уздангоги гьабиларищха гьеб.\nГьимат: — Амма гьанже ругел устарзабазда кӏолароха дол шартӏазда хӏалтӏизе.\nМухӏамадрасул: — Мунагьал чураяв нижер инсуда тӏадкъалаан гӏарцул тӏагӏалабазулъ, масала, партиялдаги пачалихъияб гӏуцӏиялдаги хурхараб тема бихьизабизе – «60 лет Октября», Олимпиада, космос. Гьанже кинабниги цензура гьечӏо. Амма гьеб эркенлъиялъулъ буго цо санагӏалъи гьечӏеб рахъги. Бокьараб гьабизе рес букӏунилан, лъалебги лъаларебги бихьизабун, ахиралда тӏубан цӏекӏлъизабула гьев чияс гьеб хӏалтӏи. Рачлихъ ханжарги барав чухъагун чи велосипед бачунев рекъон вукӏунаро. Гьев рекъола чода. Гьединго чода рекӏунев чиясдаги рекъоларо шортал-майка. Эклектикаян абула гьелда – дандеккунгутӏиялха.\nУстарзабазе гӏарац киса?\n— Нужеца тӏагӏалаби гьаризе гӏарац (сырьё) киса босулеб? Пачалихъалъул рахъалдаса бербалагьи кинаб бугеб гьеб махщалиде?\nМухӏамадрасул: — Тӏаде балагьун, ракӏалде ккезе бегьула парахат жиндирго мастерскаялда гӏодовги чӏун, гӏарцул тӏагӏалаби гьарулев вукӏин гурони, кинал квекӏеналинха устарасул ратилелилан. Амма ахирал соназда гӏемерлъулел руго гьезие гьарулел гьукъа-къаял. Масала, Росфинмониторингалъул тӏалабалда рекъон, устарасда тӏадаб буго жинца гьабураб тӏагӏалил цӏайиги, кибе, лъие бичарабалиги кагътида бихьизабизе. Гьелъ хӏалтӏудаса ракӏбуссинабулеб буго гӏемерисел устарзабазул. Хӏажатаб кагъат-мачар бакӏаризе таманаб мех унеб буго.\nГьединго эркенго босизе бажарулеб гьечӏо къайи гьабизе гӏарацги. Гьелъие бихьизабураб къагӏида кӏиго-лъабго буго. Масала, гьеб босула къватӏисахун сырьё бачӏунев цо хасав чиясухъа, яги Сбербанкалдаса.\nГьединго тӏагӏалаби гьареян рачӏарал гӏадамазул рокъоб букӏараб гӏарцул цӏарагӏ яги кӏилкӏал-курхьаби риххунги гьарула цӏиял тӏагӏалаби. Гьелъулги щибаб грамм бихьизабизе ккола кагътида, гӏарцул къайиялъул бетӏергьанасулгун къотӏиги гьабун.\nАмма гьеб ккола гӏарцул цӏакъго мукъсанаб къадар. Гьединлъидал ювелираз чанцӏулго данделъун, хитӏабал гьарун рукӏана республикаялъул хӏукуматалде нижее киназего санагӏалъи букӏинелъун, Махӏачхъалаялда гӏарац (сырьё) бичулеб тукен/предприятие рагьейилан. Гьелъул хӏасил кколеб гьечӏоха. Цо лъагӏалида жаниб 400-ниги тонна гӏарцул къайиялъул бачӏуна пробаби лъолеб Палатаялде. Гьебщинаб къайи гьабизе гьеб гӏарац нилъерго гьаниса босизе рес чӏезабуни, жибго республикаялъеги щвелароанищ лъикӏаланго хайир? Сбербанкалдаса босейила. Бугеб багьаялда тӏаде жеги анкьгоги-микьгоги проценталги кьун гьениса босичӏого, бачӏинахъего цо ккураб багьаялде гьеб босизе бегьунгутӏи щиб букӏунеб, нагагь гьадаб нижеца тӏалаб гьабулеб бакӏ гьаниб рагьани?\nАмма банкалдаги гӏисинал пластинкаби гурони, кӏудияб къадаралда букӏунеб гьечӏо гьеб гӏарац (сырьё). Гьенисан заказ кьун бачӏинабуниги, 10 проценталъ хираго чӏолеб буго гьеб.\nГьимат: — Гьаб нижер махщел гуребги, гьелда релълъараб цогидаб иш босаниги, гьеб цӏунизе пачалихъалъул къасд гьечӏони, ахир-къадги ссун уна, тӏатӏала ккола гьеб. Гьединго дагь-дагьккун лъугӏун, тӏагӏун инехъин буго гӏарац-меседалъул устарлъи. Хадусел наслабазе гьеб цӏунизе кколин бицун, кӏицӏулниги цевевахъана дун ДРялъул хӏукуматалъул данделъабазда. Амма гъурщил кумек щвечӏо гьенисан.\nЦебе гӏадин, музеязги росулел гьечӏо лъикӏал устарзабазул хӏалтӏаби. Гӏарац гьечӏилан чӏолел руго.\nМухӏамадрасул:\n— Россиялъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул мустахӏикъав художник хӏисабалда дица гьарурал хӏалтӏабаздаса кинабгӏаги налог кколарин абураб документ кьун букӏана дие. Амма исана соналъул февралалда гьеб хӏукму хвезабула хӏукуматалъ. Россиялдаса бахъараб нилъехъе щвезегӏанго художествиял комбинаталги къан, умумузул махщелал хвезе теларилан, жиде-жидерго рукъзабахъе руссун, хӏалтӏулел руго устарзаби. Гьединги букӏаго, хӏакимзабазул гьединаб бербалагьи щай букӏине кколебали бичӏчӏуларо.\nСоветияб заманалдаги букӏана гьеб рахъалъ халкквей. СССРалъул бетӏерлъуде вачӏараб мехалда Андроповасе сайгъат гьабизеян музеялъ бичун босун букӏана нижер инсуца гьабураб цо тӏагӏел. Гьеб заманалда эмен вукӏана Пачалихъияб премиялъул лауреатлъунги вахъарав, машгьурав чи. Гьелъухъгицин балагьичӏого, доб тӏагӏел гьабизе дуе гӏарац (сырьё) кисайилан, тӏубараб сурав босулеб букӏана КГБялъул чагӏаз гьесдаса. Гьеб мехалда инсуца объяснительная хъван букӏана гьеб гьабунин вакьадасул букӏараб кӏинусго сон бараб гулгунги биххунилан.\n«Чанахъанасе къимат\nчанахъанас кьезе ккола»\n— Мухӏамадрасул, выставкаялда лъурал дур хӏалтӏаби рихьидал ккана улкаялъул даражаялъулги цӏаразде щайдай мун вахинчӏеван.\n— Дунни гьел цӏаразда хадув лъугьарав чи гуро. Щибаб жоялъул агьлу букӏунелъул, гьединлъидал чанахъанасе къимат чанахъанас, гьабигьанасе къимат гьабигьанас кьезе кколеб гӏадин, ДРялъул художниказул союзалъ хӏукму гьабун букӏана дун Россиялъул мустахӏикъав художниклъун вихьизавизе. 1978 соналдаса нахъе дица квер-рагъари гьабулеб жолъидал гьаб.\nГьедин союзалъ батанщинаб документ-квара битӏун букӏана чанго соналъ цебе республикаялъул тӏалъиялде. Гьелда гъулбасал лъун рукӏана СКФОялда Россиялъул президентасул официалияв вакиллъун вукӏарав Сергей Меликовасги, ДРялъул художниказул союзалъул нухмалъулесги, Махӏачхъалаялъул мэрасги. Амма щаялиго гьел документал нахъ чӏван рачӏана.\n— Мун хас гьабун гьеб пишаялъе цӏалун ватила?\n— Художествиябгун графикаялъул факультет лъугӏун хадуб, Темиргъоялъул школалда рисование, черчение кьолаан дица. Дагьалъ чӏун гьениса нахъеги ун, тӏубан устарлъиялда тӏад чӏана дун. Художниказул союзалда цебе цӏакъаб цехги букӏана гьелъие данде кколеб. Хадуб гъезабизе кӏоларого гӏарцул къайи букӏунаан. Гьанже гӏадин, гали бахъа-бахъаралъур гьединал жал ричулел тукабиги рукӏинчӏо 1990-абилел соназда Махӏачхъалаялда. Цохӏо «Дагестан» тукен букӏана Ленинил майданалда. Гьанже киналго гӏорцӏана. Додинал заказалги гьечӏо. Музеялда лъураздасаги беричал, чӏурканал тӏагӏалаби тукабазда руго гьанже ричулел.\nАмма дица дунго киданиги рикӏкӏунаро цӏакъав устарлъун. Гьоркьохъеб махщалил чиян тола. Дицаго гьабураб тӏагӏалида тӏасан гӏадамазул пикру лъазе, халкъалда гьеб бихьизабизе бокьула дие. Гьединго дидаса гӏезегӏан махщел бугев цогидав чи вукӏуна дова рокъовги чӏун, лъилгунниги щибниги дандги бачӏого, гьабу-гьабураб тӏагӏел бичулев. Гьесдаса хӏукуматалъе тӏири пайда букӏунаро. Амма жиндиргӏан махщел гьечӏев чиясе кьолел ругин цӏаралилан абизеги рес буго гьединав чияс. Живго вихьизе къваригӏун батани, вахъаха гьевги къватӏиве.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ"}
{"slug": "14979-salutsa-rakhchulel-muchidulgi-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14979-salutsa-rakhchulel-muchidulgi-rugo", "title": "Салуца рахчулел мучӏдулги руго…", "date": "2021-11-25 11:27:21", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Ракь кидаго рикӏкӏуна къиматаб бечелъилъун. Амма, ахираб заманалда, республикаялда гӏемер руго, пайдаялъе хӏалтӏизаризе бегьулел ругониги, рехун тарал ракьал. Гьелдаго цадахъ салул авлахъазде сверулел руго Гъизляралъулгун Нугъай районазул ракьал. Специалистаз абулеб буго, гьеб кколин цебегоялдаса нахъе бичча-бихъан тараб ва, гӏемерал харжалги гьарун, Россиялъул хӏукуматалъ къабул гьабизе кколеб хасаб программаялда гурони тӏубазабун бажарулареб захӏматаб масъалаян абун.\nГьелда тӏасан нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Гъизляр районалъул гӏалахазда лъугьун бугеб хӏалуцараб хӏалалъул ва гьеб лъикӏлъизабиялъе тӏоритӏизе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ гьадин бицана «Управление Фитомелиорация» абулеб Дагъистаналъул ФГБУялъул филиаллъун бугеб Чӏегӏер ракьалгун Гъизляралъул мучӏдул цӏи гьариялъул управлениялъул директор Мухӏамад Ахъбердиловас:\n— Каспиялъул рагӏалда бугеб регионги, мукъсаналго хурдул рижулел гьелъул гӏатӏидал авлахъалазул гӏалахалги ккола, билълъараб гӏадаталда рекъон, умумузул заманалдаса нахъего щвалде щвараб куцалда гӏи-боцӏи гӏезабулеб ва гьеб мурадалда хурдузул сурсатаздаса пайда босулеб зона. Россиялда цого-цо Дагъистан ккола, тӏабигӏиял ресаздаса пайдаги босун, Чӏегӏер ракьазда ва Гъизляралъул мучӏдузда гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулеб регион.\nДагъистаналъул магӏишатаз пайда босулеб Чӏегӏер ракьалъул ва Гъизляралъул мучӏдузул гӏаммаб гӏатӏилъи буго цогун бащдаб миллион гектаралдаса цӏикӏкӏараб. Гьелда гьоркьоре уна нилъер магӏишатаз гӏи-боцӏи хьихьулел Калмыкиялъул ва Ставрополь краялъул гӏалахалги. Гьениб гӏи-боцӏи гӏезаби ва гьеб регионалда гӏумру гьабун бугеб халкъалъул сах-саламалъи гӏемерисеб мехалда бараб буго гьел гӏалахазда хурдузул сурсатазул бугеб хӏалалда ва гьелъул пайда-хайир буголъиялда. Гӏалимзабаз ва специалистаз жакъа гьелъие кьолеб буго «квешаб, ай рази гьарулареб» абун къимат.\nДагь-дагьккун къадарлъарал Дагъистаналъул гӏалахазул гӏаммаб гӏатӏилъи 1100 азарго гектаралдасаги цӏикӏкӏунеб буго. Гьелда гьоркьобе уна хьвадулел (рагьарал) салул авлахъазул 70 азарго га ва батӏи-батӏияб къадаралда цӏамхӏалал ракьазул 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектар.\nГьединаб захӏматаб хӏал лъугьиналъе бугеб гӏилла ккола, гьава-бакъалъул хъачӏал шартӏал гуребги, гӏалахазда кваназабун, ай хӏебтӏун бажарулареб къадаралъул гӏи-боцӏи гьениб хьихьулеб букӏин. Гӏи-боцӏул къадар цӏакъго цӏикӏкӏун букӏиналъ, биччалеб гьечӏо я ракьалда чӏахӏ бижизе, я харида хьон лъугьине. Гьелъул хӏасилалда гӏалахазда дагь-дагьккун дагьлъулел руго хурдул.\nАхӏвал-хӏал жеги квешлъулеб буго ракъдаллъиялъги: гьелда бараб букӏуна гӏалахазул бутӏабазде кколеб хӏал. Ракь борлъун, лъабкъоабилел соназдаго бахъараб артезианалъул картӏазухъан бачӏунеб лъел нахърател лъугӏана ва гӏи-боцӏухъабазе гьеб лъугьана захӏматаб, ай хӏукуматалъул кумек гьечӏого тӏубазабун бажарулареб масъалалъун. Жакъа гьез гӏи-боцӏуе лъим баччула цистернабаз яги боцӏи гьекъезе бачине ккола щуго-анлъго километралъул манзилалда бугеб иццухъе. Битӏун ва низамалда ракь лъалъаялъе тадбир гӏуцӏун гьечӏолъиялъ артезианазул гъуязда сверун бугеб ракь къадарлъулеб буго. Цӏакъго гӏемерал хӏайванал лъеде ракӏарулел ругелъул, гьел бакӏал сверулел руго чӏорогоял салул авлахъазде. Гьеб киналъулго хӏасилазда щибаб соналъ гӏалахазул нус-нус гектар сверулеб буго салуде ва жакъа сали щун буго Дагъистаналъул гӏатӏиракьазул северияб рахъалъул росабазда, гъутабазда ва фермабазда аскӏобе. Гьелъ гьабулеб буго, экологияб гуребги, социалиябгун экономикиябги зарал: рехсараб регионалъул росу-ракь ккураб халкъ гьениса нахъе гочунеб буго.\nГъизляралъул авлахъазда гӏи-боцӏи гӏезабулезе цӏакъго захӏматаб букӏана 2020 сон. Мисалалъе, Нугъай ва Тарумовка районазул ракьазда лъазабун букӏана гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалъулаб низам (ЧС). Гьеб букӏана, гӏемераб заманалъ цӏадалги рачӏого ва кинабго жо бакъвазабулел гьуралги пун, гӏи-боцӏи кваналел ракьал хвезариялъул хӏасил. Гьелдалъун тӏубанго салулъ къана республикаялъул батӏи-батӏиял районазул 120 росдал магӏишатазул гӏалахазул 200 азарго га; гьезда гьоркьобе уна гӏи-боцӏул фермабиги гӏадамазул минабиги. Гьел гӏалахазда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, ракь чӏобоголъиялде данде къеркьей, гьединго чӏобоголъараб ракь цӏи гьаби (рекультивация) ва лъедалъун гьеб хьезаби ккола жакъа Северияб Дагъистан цебетӏезабиялъул мурадалда чара гьечӏого тӏубазе кколеб аслияб агроэкологияб масъала.\nХӏакъикъаталдаги ракьал чӏороголъиялъул масъала аслияблъун лъугьун буго бакътӏерхьулаб Прикаспиялъул кинабго ракьалда. Гьеб балагь хъинтӏун буго цо чанго республикаялъул ва областазул территориязда. Гьеб рахъалъ бищунго захӏматаб хӏал буго Чӏегӏер ракьазда ва Гъизляралъул мучӏдузда. Хӏасил-калам, бакӏалъулаб кӏваралдасаги ун, ракьал къадарлъиялъул масъала цебего лъугьун буго тӏолгороссиялъулаблъун.\nЖакъа гӏалахазул ракьал салул авлахъазде свериялда данде гьарулел тадбиралги, гьел рукӏалиде ккезариги, лъедалъун хьезариги регун руго росдал магӏишатазул гъуждузде. Гьебго заманалда, Гъизляралъул мучӏдуздаса пайда босулел магӏишатазул 80 процент ккола хӏукуматалъухъа ижараялъе босараб ракьалда хӏалтӏулел гӏисинал ва мискинал СПКял, КФХял ва ЛПХял. Салуде свериялдаса авлахъал цӏуниялъе гьел магӏишатазул гьечӏо я экономикияб къуват, я технологиял, я кадрабазул рахъалъ ресал. Гьел шартӏазда ругел мискинал СПКязги фермеразги, жидехъго гьечӏеб гӏарцул харжалги гьарун, жидерго гуреб ракь салул авлахъалде свериялдаса хвасар гьабилин кколаро. Гьелде тӏадеги, «Развитие мелиорации земель сельскохозяйственного назначения России на 2014-2020 годы» абураб программаялда ФЦПялъ илагьиялдаса арал гӏалахазул муниципалиял гӏуцӏабазда тӏадаблъун гьабулеб гьечӏо гьеб программаялда рихьизарурал тадбиразулъ чара гьечӏого гӏахьаллъи.\nГъизляралъул гӏалахазда гӏи-боцӏуе хер гӏолеб гьечӏолъиги, салул авлахъазде сверулел ракьазул къадар цӏикӏкӏунеблъиги, гьениб киса-кибго лъел кӏудияб къварилъи букӏинги хӏисабалде босун, чара гьечӏеллъун ккола хадусел тадбирал тӏоритӏи:\nЧӏегӏер ракьал ва Гъизляралъул мучӏдул салул авлахъазде сверулел рукӏинги гьел лъедалъун хьезариги рикӏкӏине ккола пачалихъияб масъалалъун.\nТӏобитӏизе ккола ракьазул агроэкологияб цӏех-рех ва тӏадегӏанаб даражаялда кьезе ккола ракьазе къимат ва гьелъул кьучӏалда хӏадуризе ккола ракьулгун агроэкологияб, гьединго чӏорогоял авлахъал лъугьиналъул ва Чӏегӏер ракьазул ва Гъизляралъул мучӏдузул ракьазда гъорлъ бугеб цӏамул даражаялъул дурусал картаби.\nХӏукуматалъул тӏадкъаялдалъун гӏуцӏизе ккола гӏалахал рукӏалиде ккезарулеб цо хасаб ишалъулал предприятиял (ЛМС).\nСали щула гьабиялъе, гӏалахал рукӏалиде ккезариялъе ва щибаб соналъ гьезул 20 азарго га лъедалъун хьезабизелъун чӏезабизе ккола хасаб программа ва гьеб пачалихъалъ гӏарцудалъун хьезабизе ккола.\n2002 соналъул кӏиабилеб октябралда РФялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб «Хер мукъсанлъарал ракьал цӏи гьариялъул хӏакъалъулъ» №830 постановлениялда рекъон, щуазаргоялдаса цӏикӏкӏун гьединаб ракь кьезе ккола хасал идарабазухъе гьел цӏи гьариялъул ва хадурккун росдал магӏишаталъул предприятияз пайдаялъе хӏалтӏизариялъул мурадалда.\nГӏуцӏизе ккола авлахъалда рижулел хурдузул хьоналги гъутӏбигун хъархъалги гӏезарулел питомникал.\nГъизляралъул мучӏдузда чӏезабизе ккола гӏи-боцӏул кьварараб къадар ва гьелдаса цӏикӏкӏине биччалареб низам. Гьединго инкар гьабизе кӏолареб бюрухъалдалъун гьукъизе ккола ихдалил ва риидалил моцӏазда гӏалахазда гӏи-боцӏи тезе, ай гьел Дагъистаналъул мугӏрузде гочинаризе.\nТӏадехун рехсарал суалал тӏуразарулел ругони, бигьалъила ракьал хъарцинлъиялъул масъала тӏубазе. Ахирал соназда нижеца гӏуцӏун руго гӏалахал рукӏалиде ккезариялъе къваригӏунел тадбиразул проектал. Руго тӏад хӏалтӏарал ва хӏалбихьарал салул гохӏазул киналго бутӏаби щула гьариялъул технологиял, гьединго гьел зонабазул буриял ракьазда житняк, прутняк ва цӏам гъорлъ бугел ракьазда пырей бижизабиялъул хӏасил кьолел технологиял.\nРеспубликаялъул северияб бутӏаялъул ракьал хъарцинлъулел рукӏиналдалъун, хасалил мучӏдузул 200 азарго гектар бахчун буго салуца. Хӏинкъи буго, риидал хурдул дагьлъун, хасало рагӏи-хер гьечӏого, Дагъистаналъул гӏемераб гӏи-боцӏи хутӏиялда.\nГочинабун гӏи-боцӏи гӏезабулел республикаялъул ракьазул гӏаммаб гӏатӏилъи цӏикӏкӏуна цогун бащдаб миллион гектаралдасаги. Гьездаса пайда босула 552 магӏишаталъ ва щибаб соналъ гьел ракьазда хасел тӏамула 2,5 миллион гӏи-цӏцӏаназ, 165 азарго чӏегӏерхӏайваналъ ва 3200 чуялъ.\nАхирал соназда республикаялъул чӏороголъарал мучӏдузул гӏатӏилъи бахун буго гӏага-шагарго миллион гектаралде. Аслияб къагӏидаялда гьеб балагь ккола, гӏи-боцӏи гӏемерлъиялъ, ракьазда хурдул рижизе риччаларого рукӏиналъ ва, мугӏрузде гочинабичӏого, тӏубараб лъагӏелалъ гьел авлахъаздаго гӏи-боцӏи хьихьулеб букӏиналъ. Къокъго абуни, жакъа гьел гӏалахазда лъугьун буго ахӏи базе ккараб хӏал. Гьеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабиялъе хехал тадбирал гьаричӏони, хӏинкъи буго республикаялъул гӏи-боцӏухъанлъи цӏакъго захӏматаб бакӏалде ккеялда.\nНури Нуриев"}
{"slug": "14985-tsiil-ana-nekisiyab-yakhsayal-ul-rak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14985-tsiil-ana-nekisiyab-yakhsayal-ul-rak", "title": "Цӏилъана некӏсияб Яхсаялъул ракь", "date": "2021-11-25 11:54:08", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хасавюрт районалъул Аксай росулъ гӏумру гьабулеб буго Дагъистаналда ругел миллатазул вакилзабазул 12000-гӏан чияс. Гьеб буго бечедаб тарихалдалъун ва цӏар рагӏарал гӏадамаздалъун машгьураб росу. Чанго соналъ цебе аксаялъулаз кӏодо гьабуна росдае кьучӏ лъуралдаса 1500 сон тӏубаялъул юбилейги. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунаго, мугӏалим, рагъулгун захӏматалъул ветераназул советалъул председатель, краевед Анварпаша Байсунгъуровас гьадин бицана:\n— 1722 соналда, Персиялде гьабураб сапаралдаса тӏад вуссун вачӏунев Россиялъул император Петр Тӏоцевесев лъалхъун вуго Каспиялъул рагӏаллъуда, Аграханалъул жаниблъиялда. Гьениб гьесда дандчӏвай гьабун буго Яхсаялъул гиназ Султӏан-Махӏмудица ва сайгъаталъе кьун буго лъабго чу, нусиялда кӏикъоялда анцӏго оц ва лъабкъого гьоко. Россиялъул ханасе кутакалда рекӏее гӏун руго гӏакъилав, цӏодорав ва букӏинеселде лъикӏаб хьулгун валагьулев Яхсаялъул гиназ Султӏан-Махӏмудил сайгъатал. Петр Тӏоцевесес Султӏан-Махӏмудие кьун буго грамота. Гьелда хъванги букӏун буго: «Доналъул ва Терекалъул атаманазда ва хъазахъазда лъазабулеб буго гиназ Султӏан-Махӏмудие ва гьесул доре-гьанире гочунел улусазе кинабгӏаги къварилъи гьабуге», — ян.\n— Анварпаша, дуца бицунеб рагӏун букӏана некӏсияб Яхсай росу цогидаб бакӏалда букӏун бугин. Гьелъул хӏакъалъулъги лъазе бокьилаан.\n— Жакъасеб Аксай ккола 200-гӏан соналъ цебе бижараб росу. 1825 соналда гочана гьанире нижер умумул. Картаялда цӏияб росу бакканин абун Россиялъул пачаясда лъазабун буго Кавказалда вукӏарав гьесул наместник, генерал Ермоловас. «Ермоловасул хъвай-хъвагӏаял» абураб тӏехьалдаги хъван буго гьадин: «Аксай росу цӏияб бакӏалде, ай Аксай гӏурул рагӏалде анцӏила щуго версталъ «Ташгечуев» щулалъиялде аскӏобегӏан бахъун буго», — ян. Аксай росу цӏияб бакӏалде бахъиялъе гӏиллалъун ккун буго Россиялъул пачаясул гӏадамал инжит гьарулеб политикаялдаса рази гьечӏолъи.\nГьеб росулъа рахъана Россиялъул армиялъул анлъго генерал, къогоялдасаги цӏикӏкӏун полковник ва штабс-капитанасул чинал ругел гӏемерал рагъул офицерзаби. Динияб цебетӏеялъеги тӏоцебесеб гали тӏамуна шайих Гӏали Яхсайлияс. XVII гӏасруялъул ахиралда гьес лъугӏизабун буго «Аль-Азгьар» университет. Теологиялъул гӏелмуялъул рахъалъ гъваридаб лъай букӏиналъ машгьурлъун буго шайих Гӏали Яхсалиясул цӏар, Дагъистаналда гуребги, тӏолабго Северияб Кавказалдаго. Гьединлъидал Аксай росдал гӏалимзабазул советалъул хӏукмуялда рекъон, шайих Гӏали Яхсайли витӏун вуго гьанжего гьанже бусурбанлъизе байбихьарал гъарачаязулгун чергесазул ракьалде.\nГьале «Вестник Карачаево-Черкесии» абураб казият. Гьелъул цо номер сайгъат гьабун буго Гӏали Яхсайлил тухумалъ 300 сон тӏубаялъе. Гьаб казияталъул номер нижехъе босун бачӏана Аксай росдал 1500 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб байрамалде ахӏун вачӏарав гъарачаязулгун чергесазул ракьалда бугеб Гӏали Яхсайлил тухумалъул гӏуцӏиялъул президент Къазим Гӏалиевас.\nТӏоцебе Аксаялда мадраса рагьиялъ ва гьениб мугӏалимлъи гьабиялъ машгьурлъана Гӏабдул-Вагьаб Дидимовасул цӏар. Гьесул мадрасаялда цӏалана машгьурав драматург Гӏалимпаша Салаватов, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, Цӏадаса Хӏамзатил лъикӏав гьудул Гӏабдула Мухӏамадов, гъарачаязулгун чергесазул республикаялъул хӏукуматалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏумар Гӏалиев ва гӏемерал цогидалги.\nАксаялдаса ккола «Молния-I» спутникалъул генералияв конструктор, нилъер ракьалъулгун спутниказул бухьен чӏезабиялъе хӏалтӏи гьабурав техникиял гӏелмабазул доктор Мурад Капланов. Гьев мустахӏикълъана Захӏматалъул Байрахъалъул кӏиго орденалъе, гьесие кьуна СССРалъул Пачалихъияб премия. Жиндир заманалда Мурадил эмен Рашидханги вукӏана Мугӏрузул хӏукуматалъул бетӏерлъун ва жанисел ишазул министрлъун. Гьеб росулъа рахъана лъабгониги Дагъистаналъул халкъияв шагӏир. Гьелги ккола Гӏабдула Мухӏамадов, Гӏабдулвагьаб Сулейманов ва Мухӏамад Атабаев. Аксаялда гьавуна ва гӏуна Совет Союзалъул Бахӏарчи, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Исай Илизаров. Гьаниб тамашалъи гьабизе бакӏги гьечӏо. Жугьутӏазул тӏубараб авал букӏана Аксай росулъ, жакъаги гьелда «Жугьутӏ-аул» абула. Кин жугьутӏал гьанире рачӏаралали лъалев чи гьечӏо. Амма аксаялъулаз жугьутӏал лъикӏ къабул гьаруна. Гьезул цояс жиндир заманалда, ай араб гӏасруялъул 60-абилел соназ «Яхсай вальс» абураб кечӏги хъван букӏана.\nРосулъ цо хъизамалъул вакилзабаз гӏадин гӏумру гьабулеб буго батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамаз. Масала, Аксай росдал бакътӏерхьулгун северияб рахъалда гӏун рачӏана гӏандадерил ва тӏиндадерил росабалъа гочун рачӏаразул микрорайонал.\nАслияблъун рикӏкӏунеб, ай машгьурав драматург Гӏалимпаша Салаватовасул цӏар лъураб къотӏнор руго росдал администрациялъул, гьоркьохъеб школалъул, почалъул, библиотекаялъул минаби, лъималазул творчествоялъул рукъ, мажгит.\nРосулъ буго шайих Баширил цӏар лъураб къватӏ. Югалъулаб рахъалда бугеб росдал рагӏалда руго шайих Башир вукъарал, гьесул зиярат бугел хабалаби.\n— Тӏоцебе росулъ школа бана жамагӏаталъул хӏаракаталдалъун, — илан бицана росдал №1 школалъул директор Зугьра Гебековалъ. — Доб мехалда цо мугӏалим вукӏун вуго 35-50 сонил ригьалда ругел гӏадамазда цӏализеги хъвазеги малъулев.\n— 1920-абилел соназда рагьана росулъ тохтурасулаб амбулатория, — ян абуна участкаялъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур Ахӏмадула Къазиевас. — 1984 соналда бана больницаялъе цӏияб, кӏитӏалаяб мина. Гьанже гьаниб буго 50 чи вегизе бакӏ. Гьанибго амбулатория рагьиялъги рес кьола 120 унтарав къабул гьавизе. Гьеб кинабго хӏалтӏи гьабиялъе росдал больницаялда хӏалтӏулев вуго 11 тохтур, руго анализал гьарулел кабинетал, махщел бугел лаборантал.\nРосдал магӏишаталъул экономика цебетӏезабиялъе гьабулеб хӏалтӏиги мухӏканаб буго Аксай росулъ. Гӏемерал тӏорщел гӏезабулел гӏуцӏабазда гьоркьоса нижеца тӏаса бищана росдал магӏишаталъул производственнияб кооператив «Гранит». Лъабазарго гектаралда хьала хасалихъ могьолал культураби ва бакӏарула бечедаб бачӏин. Гьел киналго хурулал хӏалтӏаби гьаризе кооперативалъул буго гӏураб къагӏидаялда техникаги махщел бугел механизаторалги.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул майданалдаги, тылалдаги, захӏматалъул фронталдаги бергьун кӏудияб хӏаракатчилъи бихьизабуна Аксай росдал гӏадамаз. «Ракӏалде щвеялъул тӏехьалда» цӏар хъван буго 1000-ялдасаги цӏикӏкӏун чиясул. Рагъдаса тӏад руссаразул цониги рагъул ветеран жакъа чӏаго гьечӏо.\nГирай Хӏайдаров"}
{"slug": "14986-akhiulgokhial-ul-mazhgital", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14986-akhiulgokhial-ul-mazhgital", "title": "Ахӏулгохӏалъул мажгитал", "date": "2021-11-25 11:58:37", "categories": ["rel"], "text": "Тушманасда дандечӏей гьабизе Ахӏулгохӏги щула гьабулаго, Шамил имамас мажгитги бана гьениб. Гьеб бана ракьалда гъоркь, жанибе кӏиго бакӏалдасан балъгоял нухалги гьарун. Мажгиталде как базе гурелги, хӏинкъи ккарабго, тушман гӏагарлъулаго гуллидаса цӏунун ва гӏазу-цӏад балаго гьелдаса рахчизе ракӏарулаан. Гьеб букӏана гӏезегӏан кӏудияб рукъ.\nАмма гьелъул къисмат рагъухъанасулалда релълъараб ккана. Ахӏулгохӏда рагъал халат рахъараб лъабго моцӏгӏан заманалда гьеб релълъун букӏана гьитӏинаб хъалаялда. Как балелги, рагъулелги, ярагъ хӏадур гьабулелги цадахъ рукӏунаан гьенир. Гьеб букӏана рагъул сурсатазул складлъунги, бокӏнилъ чӏарбида букӏана туманкӏул харил кӏудияб гохӏ ва аскӏорго рукӏана пахьги гъалайги жубан риун тӏун гьарурал тункӏил гуллби.\n1839 соналъул июналъул анцӏабилеб къоялдаса байбихьун августалъул ахиралде щвезегӏан Ахӏулгохӏалъул мажгит, сордо яги къо батӏалъи гьечӏого, хӏалуцун хӏалтӏулеб букӏана. Гьужумалъ гӏурусал рачӏунеб рахъалда, парсил рагӏалда бугеб гьеб сверана ракьулъ бахчараб ДОТалде. Гьенир чӏарбида, харил гохӏалда аскӏор, цере гуллбузул гӏисинал гохӏалги гьарун, накабазда чӏун вукӏана 30 чи. Гьел рукӏана тункӏал цӏолел чагӏи. Зама-заманалдасан гьениве жаниве как базе вачӏунаан имамги. Унтарал, лъукъарал рукӏунаан къадазул ракьанда регун.\nМажгиталъубе букӏана, тӏадехун абухъе, кӏиго нух. Цояб букӏана аскӏоб бугеб гьитӏинабго гохӏдасан ва гьеб букӏана цӏакъ хӏинкъи бугеб, нахъаса къотӏичӏого гӏарада речӏчӏулеб гохӏ. Цояб букӏана гъоркьехун, танкел ккараб, дагьаб цӏунараб бакӏалда. Кӏиябго бакӏалда, хандакъалда жаниб, цере ракьулги ганчӏазулги щобалги гьарун, гьезда тӏасан тункӏалги раккизарун, тушманасде кьвагьделевги вукӏана 30 мурид. Гьез кьвагьи гьабурабго, туманкӏ кьолаан аскӏов вугесухъе. Гьесги гьебсагӏаталъ гьеб мажгиталда жанибе гьеб цӏолезухъе босун унаан. Гьебги гьениб тун ва цӏураб туманкӏги босун, цо лахӏзаталда тӏад вуссунаан. Гьедин чӏезабун букӏана нахъаса къотӏичӏого гулла балеб ва кьвагьи къотӏулареб низам. Кьвагьдохъаби зама-заманалдасан хисулаан, чӏваразулги лъукъаразулги бакӏалда чӏагоял чӏолаан.\nГӏурусал, муридзабазде дандеккун, чанго нухалъ цӏикӏкӏун рукӏана. Генерал Граббел 10 азарго солдатасда тӏадеги, Ахӏулгохӏ бахъизе рачӏана Таркиялъул Шамхаласул ва Мехтулиялъул Ахӏмадханил 3320 чи, жиде-жидер чукъбиги рачун Дагъистаналъул ханзабазул, бегзабазул ва феодалазул рагъухъаби. Чӏиркъатӏисезулги гӏещдерилги росабиги ракьалги солдатазул ва чуязул цӏун рукӏана. Тӏолалго сверухъ ругел кӏкӏал-мухъазда, кьурабалъ гӏарадаялъулги тункӏилги кьвагьиялъул лъугӏи гьечӏеб дандерижи багъулеб рагӏулаан.\nЛъабго моцӏалъул нахъаса къотӏичӏел рагъаздаса хадурб гӏемерав солдатги къурбан гьавун гӏурусазда Ахӏулгохӏ бахъизе кӏвана, гьенир къадаралде щвана 3 азарго муридзабазул цӏикӏкӏарасел. Ахӏулгохӏда шагьидлъана Сурхай, Хириясул Гӏалибег, Гӏаличул Мухӏума гӏадал цӏар арал бахӏарзал. Мажгитги чӏунтана.\nАмма Ахӏулгохӏда букӏана цогиги мажгит. Гьеб бана цӏияб Ахӏулгохӏда, Шамил имамасул бихьизабиялда рекъон, Гӏалиаскар абурав азербайжанас. Гьесул хӏакъалъулъ нахъе хутӏун бугеб хабарги бицине бокьун буго.\nРикӏкӏад букӏаниги, азербайжаназул халкъалъул, хасго диниял гӏадамазул, кутакаб рокьиги рекӏел цӏайиги букӏана гӏурус империягун багъулеб Дагъистаналдехунги Чачаналдехунги. Гӏицӏго ракӏазул цӏайи букӏин гуребги, гьезул гӏемерисез гӏахьаллъиги гьабуна Кавказалъул рагъазулъ. Цӏалдолезда лъала Мухӏамад Ярагъияс хадуб Дагъистаналда тӏибитӏизабураб тӏарикъат босараб бакӏги Азербайжан букӏана. Гьесул асаралда гъоркьго рачӏун рукӏун ратизе бегьула Дагъистаналде Гъазимухӏамад имамасда цадахъ рагъарал азербайжаналги. Имамасда цадахъ ахирисеб рагъда, гьесул колотӏа шагьидлъарал гъазизабазда гьоркьовги кӏиго азербайжанавги вукӏанин абула.\nВа гьале Ахӏулгохӏда Шамил имамасда цадахъги вукӏана, балагьараб мехалъ, Гъазимухӏамадил заманалдаго вачӏун вукӏарав, Куба областалъул Захумгери росулъа, Гӏалиаскар абурав, лъадилъунги нилъерай ячарав, азербайжанав. Гьев вукӏана Накъшубандияб тӏарикъаталъул чи, муршид, динияб цӏали гьабурав гӏалимчи. Цӏаларав чи вукӏиналъищ яги цогидаб гӏиллаялъищали Шамилица Ахӏулгохӏда гьев тӏамун вукӏана чӏварал гӏадамал рукъизе ва лъукъаразе кумек гьабизе.\nАхӏулгохӏ гӏурусаз бахъараб мехалъ, чӏаго хутӏарав гьев, хвалдаса ворчӏарав имамги валагьун, гьесда аскӏове уна. Жиндаго кӏвараб къагӏидаялъ имамас гьев цӏунулевги вукӏун вуго, гьаб нухалъги аскаралде гъорлъеги вачинчӏого. Шамилица гьесда гьарула, додин гӏемерал шагьидлъарал гъазизабазул хобал ругеб Ахӏулгохӏда цӏияб мажгитги хӏалтӏизабун, хабалазул тӏалаб-агъазги гьабун, хваразул рухӏалги цӏехон чӏайилан. Гьевги разилъун вуго. Ва Ахӏулгохӏде тӏадги вуссун гьес малъараб гьабун буго. Къого сон бана гьес Дагъистаналда. Мажгиталдаги цӏар букӏана Гӏалиаскарил мажгит абун. Кавказалъул рагъги лъугӏараб, Шамил имамги Дагъистаналдаса араб мехалъ, ячун лъадигун гьев уна кӏочон течӏеб жиндирго ватӏаналде. Ругел баяназда рекъон, ватӏаналдаги ракӏ сасинчӏого, лъадигун цадахъ гьев уна Маккаялде ва гьенив хун вуго.\nГьединаб буго гӏага-шагарго Ахӏулгохӏда рукӏарал мажгитазул тарих. Ахӏулгохӏалъул бицен ккун бугелъул, гӏемерисел нилъер гӏадамазда лъалареб, XX гӏасруялъул 20-30-абилел соназда ккараб цо баянги рехселин.\nЧанги сахав магӏарулас къасд гьабуна Ахӏлгохӏалда рукӏарал минаби цӏи гьаризе, гьенир батӏи-батӏиял хӏалтӏаби гьаризе, амма Совет власталъул соназда гьениб щибго гьабизе гьукъун букӏана. 20-абилел соназул ахиралда жеги гьукъиялъул хабарги букӏинчӏого, Хӏасан абурав пачаясул вукӏарав полковникас – магӏарулас къасд гьабула Ахӏулгохӏда ах гьабизе. Гьес абулаан зияраталъ рачӏарал гӏадамазе квине пихъ букӏине ва жиндиего кириялъе гьабулеб бугилан. Амма гьесда кинго кӏвечӏо Ахӏулгохӏда гъутӏби рекӏинаризе, гьел рижичӏо гьенир. Биги кьалбазде гъоркье тӏун чӏани гъутӏби рекӏунин абураб хабарги рагӏун, Болъихъаги Шурасаги бочкаби цӏураб би бачӏинабун, гьеб тӏунгицин гъутӏби рижичӏо. Палхӏасил, Ахӏулгохӏда цониги гъветӏ гьечӏо."}
{"slug": "14987-gazal-talikhik-osinalde-rachana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14987-gazal-talikhik-osinalde-rachana", "title": "Газалъ талихӏкъосиналде рачана", "date": "2021-11-25 12:08:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "22 ноябралда Махӏачхъалаялда, Амет-Хан Султанил цӏаралда бугеб къотӏноб ккана пашманаб лъугьа-бахъин. Гӏадамаз гӏумру гьабулеб кӏитӏалаяб минаялъуб газалъул рогӏороги кьвагьун цо чи къадаралде щвана, ункъоял лъукъана. Гьезда гьоркьоса кӏигоял захӏматаб хӏалалда ругин абулеб буго.\nМЧСалъ кьурал баяназда рекъон цӏа ккана бакъанида, сагӏат лъабго тӏубараб гӏужалъ. Кьвагьиялъул хӏасилалда мина тӏатӏала ккана. Цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабиги малъун, гӏемерав чи вукӏана гьенив хӏалтӏулев.\nКиналго лъукъарал республикаялъул аслияб клиникаялде хъамуна. Бищунго захӏматго йиго цо чӏужугӏадан. Гьелъул черхалъул 90 процент бухӏун буго. Гьединго захӏматаб хӏалалда вуго санаде вахинчӏев гьитӏинав гӏолохъанчиги.\nАмет-Хан Султанил къотӏноб ккараб гьеб хӏужаялда хурхун Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъ уголовияб дело рагьун буго.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, газалдалъун букӏине кколеб хӏалалъ хьезабураб мина букӏун гьечӏо гьеб."}
{"slug": "14989-gunar-bugev-giolilase-giartsul-shapak-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14989-gunar-bugev-giolilase-giartsul-shapak-at", "title": "Гьунар бугев гӏолиласе гӏарцул шапакъат", "date": "2021-11-25 12:09:23", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас 100000 гъурущ премия кьуна, искусственнияб интеллекталъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб конкурсалда бергьарав Сагӏид Гӏазизовасе.\nAL Journey абураб конкурсалда гӏинкъал гӏадамазе квегӏенлъиялъе гӏололъун ургъараб гьесул проект бергьана, дунялалъул бакӏ-бакӏаздаса ритӏун рачӏарал 2000 хӏалтӏабазда гьоркьоб."}
{"slug": "14990-khasel-shchvana-khinl-i-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14990-khasel-shchvana-khinl-i-gechio", "title": "Хасел щвана, хинлъи гьечӏо", "date": "2021-11-25 12:11:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 октябралдса 21 ноябралде щвезегӏан, регионазул нухмалъулеб централде (ЦУР) 5 500 гӏарза бачӏун буго гӏадамазухъан. Аслияб куцалда гьел руго ток, лъим ва нухазул гӏунгутӏиялда хурхарал.\nГӏемерисел гӏарзал рачӏун руго Махӏачхъала, Каспийск ва Дербент шагьаралдаса. Бищун цӏикӏкӏун гӏадамазул гӏарз буго рукъзабахъ хинлъи гьечӏилан. Гьедин республикаялда гьабсагӏаталда жаниб 50-гӏан гӏемертӏалаяб минаялъуб хинлъи гьечӏо.\nМисалалъе, ДагъОгни шагьаралъе щун гьечӏо хасалиде хӏадур букӏин тасдикъ гьабулеб паспорт.\nГьеб гуребги, гӏадамазул гӏарз буго бухӏараб ва цӏорораб лъим гьечӏин, нухал хашго ругин, социалиял квегӏенлъабазе биччалеб гӏарац щолеб гьечӏин ва гьединго ясли-ахазда бакӏ щолеб гьечӏиланги. Гьединго гьел рази гьечӏо рекӏадухъ багьа бахинабиялдасаги."}
{"slug": "14992-tsiiyab-sonalda-tsiiyal-stipendiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14992-tsiiyab-sonalda-tsiiyal-stipendiyal", "title": "Цӏияб соналда цӏиял стипендиял", "date": "2021-11-25 12:13:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏасияб соналдаса байбихьун республикаялъул ВУЗазда цӏалулел студентазе стипендия цӏикӏкӏинабизе буго. Гьединаб указ хъвана Сергей Меликовас гьал къоязда.\n1000 гъурущ стипендия щолеб букӏарал студентазе 3000 гъурущ, аспирантазе 1500 гъурщил бакӏалда 5000 гъурущ кьезехъин буго тӏасияб соналъ.\nГьеб гуребги, Москва ва Санкт-Петербург шагьаразда ругел нилъер ракьцоял-студентазе цӏикӏкӏинабулеб буго стипендия. Мисалалъе, 2000 гъурущ щолеб букӏарал студентазе кьезе буго 5000 гъурущ."}
{"slug": "14998-lezgi-ga-zetal-100-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14998-lezgi-ga-zetal-100-son", "title": "«Лезги газеталъ» -100 сон", "date": "2021-11-26 13:23:55", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьал къоязда 100 сон тӏубана лезгиязул республикаялъул жамгӏиябгун политикияб «Лезги газета» къватӏибе биччазе байбихьаралдаса. Гьеб газеталъ нахъа тана гӏезегӏан хӏалуцараб ва захӏматаб, амма халкъалъе хӏажатаб захӏматалъулаб нух. «Лезги газеталъ» кӏудияб бутӏа лъуна лезгияз гӏумру гьабулел районазда гуребги, тӏолабго Дагъистаналъулго социалиябгун экономикияб цебетӏей бихьизабиялъулъ, бицана ва хъвана миллаталъул тарихалъул, мацӏалъул, гӏадамазул ва гӏадатазул хӏакъалъулъ.\nЭркенлъи ва захӏмат бокьулеб, канлъи-лъаялде цӏайи бугеб лезги миллат ккола Дагъистаналъул халкъазул вацлъиялъулаб хъизаналда жиндирго хаслъигун гӏумру тӏамулеб, ритӏухълъи бокьулеб къавм. Дагъистаналъул тарихалда гьеб миллаталъул вакилзабаз бихьизабуна республикаялъул цо- гидал х алкъалгун ц адахъ л ъугьун гӏаммаб халкъияб магӏишат, гӏелму ва культура цебетӏезабизе бугеб гъира ва цӏубараб махщел. Къаламцоязда гӏасруялъулаб юбилейги баркулаго, нижеца гьарула гьезие жеги чӏахӏиял бергьенлъаби ва творчествоялъулъ икъбал.\n«Хӏакъикъаталъул» редакция"}
{"slug": "14999-nukhazda-tadbir-gechio-giolokh-abigi-gagl-un-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=14999-nukhazda-tadbir-gechio-giolokh-abigi-gagl-un-rugo", "title": "Нухазда тадбир гьечӏо, гӏолохъабиги гьаглъун руго", "date": "2021-11-26 13:27:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "24 ноябралда ДРялъул хӏукуматалъул минаялъуб тӏобитӏараб данделъиялда бицун букӏана республикаялъул шагьранухазда гьечӏеб лъикӏаб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Масала, 10 моцӏида жаниб 1145 авария ккун буго республикаялда. Хун вуго 247 чи, лъукъун больницаялде ккаразул къадар бахун буго 1606 чиясде.\nГьединаб талихӏкъосараб хӏал республикаялда батани, гьелда бан гьабулеб хӏалтӏи цӏакъго тӏаса-масагояб букӏин бихьулеб бугин абуна данделъиялда гӏахьаллъи гьабурав республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас.\n— Бищун аслияб гӏиллалъунги бихьулеб буго жинца гьабураб такъсиралъухъ тамихӏ букӏине гьечӏеблъиялда машина бачунесул ракӏчӏун букӏин. Гьединал чагӏи сабаблъун холел руго гӏемерал гӏадамал, гӏумруялъго сакъатлъун хутӏулел руго жеги цӏикӏкӏун. Цӏакъ пашманаб сурат буго. Нухда гӏадлу-низам хвезабурав гӏолохъанчи ватаниги, ригьалде вахарав ватаниги, гьесда лъазе ккола жаваб кьезе букӏин, — илан абуна бетӏерас. Гьелда тӏад ракӏунтун хӏалтӏизе ахӏана гьес низам цӏунулелги.\nАраб анкьалда тӏолабго улкаялдаго рагӏараб иш ккана Москваялъул Кутузовасул цӏаралда бугеб проспекталда. Кутакаб хехлъиялда бачӏунеб BMW маркаялъул машина речӏчӏана жеги кӏиго автомобилалда. Хӏасилалда BMW-ялъув вукӏарав кӏигояв хвана. Гьезул цояв ккола рулалда нахъа вукӏарав Сагӏид Губденский. Автомобилазул темаялда социалиял гьиназдасан гӏемер цеве вахъунев блогер вукӏана гьев. Социалиял гьиназда цӏакъ машгьурлъунги букӏана гьесул цӏар. Цадахъ вукӏарав гьесул гьудул, Дагъистаналъул автомобилистазул ва мотоциклистазул ассоциациялъул нухмалъулев Заур Ибрагьимов больницаялда хвана.\nСоциалиял гьиназда хъвалеб букӏана Сагӏид Губденскияс жиндирго цо видеороликалдасан гӏолилазде хитӏаб гьабулеб букӏанин нужеца машинаби хъамугейин абун…\nЦерегӏан къоязда Дагъистаналдаги ккана вахӏшияб авария. Шамхал-Термен поселокалда аскӏоб, «Приора» автомобиль речӏчӏана бетоналъул хӏоболъ. Гьенир жанир рукӏаразул цояв хвана, цогидал захӏматаб хӏалалда больницаялде ккана."}
{"slug": "15000-baga-uchuz-gabeyan-kial-ana-ministr", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15000-baga-uchuz-gabeyan-kial-ana-ministr", "title": "Багьа учуз гьабеян кӏалъана министр", "date": "2021-11-26 13:30:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрасул ишал тӏуралев Ризван Мурадовас хитӏаб гьабуна АЗСалъул хважаинзабазде, цӏатариялъухъ босулеб багьа хира гьабугейин абун.\n— Бензиналъухъ ва газалъухъ босулеб багьаялда бараб буго гӏадамазе хӏажатал цогидал нигӏматазухъ кьолеб багьаги.\nЦӏатариялъул багьаялда сверухъ букӏараб хӏалуцараб гӏуж нахъа тана. Гьелъул оптовияб багьаги гӏезегӏан гӏодобе ккана. Гьединлъидал гьанжегӏаги бегьуларищ нилъеца багьа дагьаб рекъараб къагӏидаялде бачӏинабизе, — ян хъвалеб буго гьес жиндирго хитӏабалда."}
{"slug": "15001-giazhizal-l-imalaze-ruk-zal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15001-giazhizal-l-imalaze-ruk-zal", "title": "Гӏажизал лъималазе рукъзал", "date": "2021-11-26 13:31:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда бугеб 240 сакъатал лъимадуе кьезе руго рукъ босизе сертификатал. Инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ тӏобитӏараб данделъиялда, ДРялъул омбудсмен Жамал Гӏалиевас бицана гьелъул хӏакъалъулъ.\n2019-2021 соналда жаниб сертификат щун буго 731 гьединаб лъимералъе. Исана соналда жаниб гьеб мурадалъе биччан буго 300 миллион гъурущ."}
{"slug": "15002-bak-ul-elektrostantsiyal-ul-kutak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15002-bak-ul-elektrostantsiyal-ul-kutak", "title": "Бакъул электростанциялъул кутак", "date": "2021-11-26 13:35:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда машгьурлъулеб буго бакъудаса пайда босун хӏалтӏизарулел электростанциязул суал.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицана республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьерасул ишал тӏуралев Манвел Мажонцица.\nГьабсагӏаталда гьединаб электростанция балеб буго Южно-Сухокумск шагьаралда. Гьелъул къуват букӏине буго 15 МВт. Электростанция базе биччан буго 1,5 миллиард гъурущ инвестциязул. Гьеб хӏалтӏизе биччазе буго тӏадеялъул апрель моцӏалда."}
{"slug": "15003-dag-istan-85-abileb-bakialda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15003-dag-istan-85-abileb-bakialda", "title": "Дагъистан-85-абилеб бакӏалда", "date": "2021-11-26 13:36:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистан – 85-абилеб бакӏалда\nГьал къоязда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана пачалихъиял ва муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулел. Гьениб бицана регионалъе кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ.\nГьаниб кьолеб буго данделъиялда бицарал масъалабазул хӏакъалъулъ къокъаб баян.\nКоронавирусалдаса цӏуни\nДРялъул сахлъи цӏуниялъул министралъул ишал тӏуралей Татьяна Беляевалъул баяназда рекъон, COVID-19 унтиялдаса цӏуниялъул мурадалда республикаялда хӏадурун буго лъабазаргогӏанасев унтарасе бакӏ. Гьабсагӏаталда гьеб унтуца кӏвекӏулев вуго кӏиазаралда лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун дагъистанияв. Гьезда гьоркьосаги кӏинусгогӏанасев чи вегизавун вуго реанимациялдагун интенсивияб терапиялъул палатаялда.\nВакцина гьабиялъул рахъалъ улкаялъул субъектазда гьоркьоб Дагъистан буго 85-абилеб бакӏалда.\nГӏадлу гьечӏо\n13 октябралдаса 21 ноябралде щвезегӏан Регионалъе нухмалъи гьабиялъул централъ (ЦУР) гӏуцӏараб цӏех-рехалда рекъон, республикаялъул нухлул магӏишаталдаги, ралел бакӏазулги, лъим бачиналъулги ва ЖКХ цӏигьабиялъулги рахъазда ругел масъалаби ккола гӏемерал соназ тӏуразаричӏого хутӏарал. Гьединлъидал рес гьечӏо гьел гӏагараб заманалда тӏуразариялъе. Тӏадежоялъе, гьелъие хӏажалъула иш хӏалтӏулъ жавабчилъиги гӏадлу-низамги. Гьелин абуни, кьучӏдасанго хисизаризе кколеб хӏалалда ругин бицана данделъиялда.\nДагъистаналда вугев ЦУРалъул нухмалъулев Мухӏамадсултан Гӏабдуралимовас абуна, араб анкьалда жидехъе хитӏаб гьабунила щуазаралда щунусго дагъистанияс. Гьезул гӏемерисел руго Махӏачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт ва Избербаш шагьараздаса. Хитӏабазда гьоркьосаги аслияллъун ккола минаби хинлъизариялъулъ ругел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ. Масала, ДРялъул Госжилинспекциялъул баяназда рекъон, республикаялда бугеб 50 гӏемертӏалаяб минаялда гьечӏо хинлъи. Минабазухъе щолеб гьечӏо бухӏараб ва цӏорораб лъим, ток, заманалда кьолеб гьечӏо социалияб выплатаялъул гӏарац, гӏолел гьечӏо лъималазул ахал, къачӏазе ккола нухал, цӏикӏкӏинабун буго жамгӏияб транспорталда рекӏаралъухъ босулеб гӏарац.\nЦо-цо мисалал\nЦУРалъул нухмалъулес рехсана гьадинаб мисалги. Цо чанго сон унеб буго Бабаюрт росдал №2 школалъе лицензия кьечӏого. Гьединлъидал школалъул ихтияр гӏоларо аттестатал кьезе. Гьелда бан, эбел-инсуца лъимал ритӏула цогидаб школалде. Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас абуна, рехсараб школалъул мина жеги бан бахъинчӏезул сияхӏалда бугилан ва гьеб рекъонкколарила проекталъул документазул тӏалабаздаян абун. 2022 соналъул февралалде гьеб масъала тӏубазабеян тӏадкъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасда.\nКаспийскиялда гӏумру гьабулел дагъистанияз ахӏи балеб буго шагьаралъул къватӏазда бетӏергьанчи гьечӏел ццидалал гьаби гӏемерлъиялда бан.\nЗагородный поселокалда ракьал кьун рукӏана ФСИНалъул хӏалтӏухъабазе. Гьенир рана минаби, школа ва мажгит. Дагьалъ цебе федералияб хъулухъалъ лъазабуна, гьел бакӏал изну гьечӏого рарал кколин ва риххизаризе ругин абун. Гьеб суал тӏубазабеян тӏадкъана вице-премьерасул ишал тӏуралев Рамазан Жапаровасда. Гьесги бицана гье- лъул мурадалда хасаб хӏалтӏул къокъа гӏуцӏун бугин абун.\nДанделъиялда бицана Цогояб пачалихъияб сияхӏалда мал- мулкалъул баяназул хъвай-хъвагӏай гьабиялъул хӏакъалъулъги."}
{"slug": "15004-bechedab-bachiinal-razi-garuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15004-bechedab-bachiinal-razi-garuna", "title": "Бечедаб бачӏиналъ рази гьаруна", "date": "2021-11-26 13:40:34", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Росдал магӏишаталъул исанасеб сон нахъа танин абизе бегьула. Хутӏун буго ахирисел гектараздаса пиринчӏ бакӏарун рагӏалде бахъинабизе. Лъагӏалил хӏасилалги лъикӏал ругин бицана Хасавюрт районалъул росдал магӏишаталъул муниципалияб учреждениялъул директор Идрис Загъаловас.\nКинабнги 142358 гектар ракьул буго районалъул къайимлъиялда. Аслияб масъалаги ккола гьел ракьал пайдаяб куцалда хӏалтӏизари. Гьеб ракьалъул цӏикӏкӏарасеб къадар бекьула. Масала, 17 азаргогӏан гектаралда хьала хаслихъе рекьулел культураби, гьелдаса кӏигогӏан нухалъ, 33135 гектар ккун буго ихдалил рекьулел культурабаз, 255 гектаралдаса санайил бакӏарула гӏодокари, 7500 гектар ккун буго харибакӏаз. Ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб хаслихъе могьолал культураби рекьулел ракьал 3000 гектаралъ цӏикӏкӏинарунинги руго. Могьолал культураби гӏезарулезул хӏалтӏул хӏасилал лъикӏал ккана. 16985 гектаралдаса исана бакӏарана, гӏаммаб къагӏидаялъ рикӏкӏун, 61398 тонна хаслихъе бекьараб ролъул. Щибаб гектаралдаса щун буго 25,6 центнер. 2022 соналъул букӏинесеб бачӏиналъеги исана жиндир заманалда ракь бегун, хьон хьан щулияб кьучӏ лъуна районалъул хурухъабаз.\nПиринчӏ\n— Санайилго цӏикӏкӏунеб буго хурзабахъа бачӏунеб ва боцӏухъанлъиялъ кьолеб хайир, — ан бицана И. Загъаловас. – Хӏисаб гьабе, 2020 соналъ хурухъанлъиялъ районалъе кьун буго 10 миллиардгун 50 миллион гъурущ, боцӏухъанлъиялъ – 5 миллиардгун 541 миллион гъурущ. Гьединал хӏасилалгун 2020 соналда Хасавюрт район республикаялда цебесеб кьердаги букӏана. Исанасел хӏасилалги гьездасаги лъикӏал рукӏинеги руго. Тӏорщалил бачӏин цӏикӏкӏинабиялъе, боцӏухъанлъиялъ кьолеб продукция гӏемерлъизабиялъе гӏоло хӏалтӏулел руго 142 росдал магӏишаталъул предприятиязул хӏалтӏухъаби. Гьезда гьоркьоре уна 28 — росдал магӏишаталъулгун производственнияб кооператив, 12 — муниципалияб предприятие, 81 — рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишат, гӏезегӏан руго жалго жидедаго чӏарал предпринимателазул магӏишаталги. Хасавюрт районалда кидаго кӏвар кьолеб букӏана хурзабахъ ихдалил могьолал культураби рекьиялде. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола цӏоросаролъалъ, пиринчӏалъ, бакъдебуссалъ, овощаз, бахчабазул культурабаз.\nГьал къоязда тӏадбан унеб буго Аджиевасул, Нуровасул цӏаралда ругел ва «Къуруш» предприятиязда пиринчӏ бакӏариялъул хӏалтӏи. Азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гектаралда пиринчӏ гӏезабун буго Казмаул ва Темираул росабазул хурухъабазги.\n— 230 гектаралдаса бакӏарана пиринчӏ. Щибаб гектар рикӏкӏун щвана 45-47 центнер. Гьединлъидал гьабураб хӏалтӏи гӏадада ккечӏо, — ян бицана Нуровасул цӏаралда Цӏияб Костек росулъ бугеб росдал магӏишаталъулгун производственнияб кооперативалъул нухмалъулев Рабадан Мамаевас.\nЦӏибил\n— Захӏмат бихьичӏого рахӏат бокьарас, бекьичӏого лъилъе нилъ гьечӏого хурилан хъван буго Инхоса Гӏалихӏажияс. Гӏакъубаги къварилъиги бихьичӏого хурги бачӏунаро, нигӏматалги рижуларо. Цӏолбохъанлъи буго бищун захӏматаб иш. Их бачӏаралдаса нахъе хӏалтӏизе ккола цӏолбохъаби, — ян бицана Цӏияб Гъагъалъ бугеб рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишаталъул нухмалъулев Ташав-хӏажи Дадаевас. Хасалил цӏороялъукьа цӏунизелъун ракьулъ бахчун букӏараб цӏолбол гъабу къватӏибеги бахъун, гьелъул гӏаркьалаби кӏуризе ккола, хадуб бухьуна кваразда. Цинги хӏутӏ-хъумуралдаса гъабу цӏунизе речӏчӏизабизе ккола дару. Гьединаб хӏалтӏуца кьола ракӏ разиял хӏасилалги. 222 гектаралдаса Ташав-хӏажил нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏарал фермераз щибаб гектаралдаса бакӏарана 160 центнер цӏолбол. Гьединабго цӏолбол бачӏин бакӏарана жидерго ахикьа Гъойтемир Гӏалипашаевас, Ислам Хӏажиевас, Шагьрурамазан Асланхановас, Хӏусен Ирасхановас.\nАхихъанлъи\n2043,7 гектаралдаса бакӏарараб пихъил къадар бахана 9212 тоннаялде. Санайилго цӏикӏкӏунел руго росабалъ ахалги. Гъоркьиса 170 гектаралдаги чӏана ахал. Исана ихдал гъутӏби чӏун рукӏана 48 гектаралда. Ракӏалда буго жеги 52 гектаралдаги чӏезе.\n— Кӏудияб хьул буго 120 гектаралда чӏун рукӏарал гъутӏби тӏадеялъул тӏегьалин абураб. Цудунго барщулеб гӏечул гъутӏбуздаса, ихдал цӏоройги ккун, тӏегь гъенана. Бижичӏо, бакӏаричӏо исана щибго, — ян бицана Сивухъ росулъа рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишаталъул хважаин Мариям Гӏалимирзаевалъ.\nТехника\nРайоналда росдал магӏишаталъул батӏи-батӏиял рахъал церетӏезариялъе нухмалъулез хӏаракат бахъулеб буго шартӏал чӏезаризе. Аслияб куцалда пикру буссинабула техника цӏилъизабиялде. Гьал ахирал соназда босун буго анкьго комбайн, микьго трактор ва 50 сельхозмашинаби. Гьабсагӏаталда районалъул магӏишатазда буго 186 трактор, 51 хьон хьалеб сеялка, 68 комбайн, 63 бакӏал хурзал къачӏалел дискал, 59 пуруц, 43 дару речӏчӏизабулел агрегатал. Гьеб гуребги, районалда хурухъабазе, фермеразе кумекалъе гӏуцӏун буго МУП МТС «Хасавюрт- агросевис». Гьеб гӏуцӏиялъе, лизингалъул къагӏидаялда, 68,8 миллион гъурщиде босун буго 3 «Вектор-410» комбайн, 3 МТЗ-82, 2 К-704 трактор.\nЛъалъалел ракьазул къадар районалда бахуна 46337 гектаралде. Лъалъадизе лъим чӏезабиялъе магӏишатазда гьоркьосел 887 километр халалъи бугел каналалги руго. Ахирал соназда 520 километралъул халалъиялда каналал рацӏцӏад гьаруна. Мелиорациялъул программа гӏумруялде бахъинабиялъе гӏоло, Садовое росулъ 2 миллионгун 800 азарго гъурщил багьаяб, нусго гектар лъалъазе рес бугеб, машинабазул кумекалдалъун цӏад базабулеб агрегат лъун буго.\nГьарулел хӏалтӏабазда хадуб хал ккола росдал магӏишаталъул управлениялъул хӏалтӏухъабаз. Гьединал халгьабиязул хӏасилалда лъана Хасавюрт районалъул гӏемерисел рекьулел ракьазулъ беэнлъи цо проценталдасаги дагь бугеблъи. Ракь беэн гьабичӏел хурзабахъе гӏураб къагӏидаялда рала магӏданиял удобрениял, рак. Хадубккунги гьеб рахъалъ хӏалтӏул иш лъикӏлъизабиялъе гӏоло ихдал хурзабахъе базе 1000-гӏан тонна удобрениязул хӏадурунги буго.\nГирай ХӏАЙДАРОВ"}
{"slug": "15005-dag-istan-federaliyab-proektal-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15005-dag-istan-federaliyab-proektal-ul", "title": "Дагъистан – федералияб проекталъулъ", "date": "2021-11-26 13:47:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председателасул ишал тӏуралев Нюсрет Гӏумаров гьал къоязда дандчӏвана «Федеральный центр компетенций в сфере производительности труда» АНОялъул эксперталгун. Гьениб бицана «Производительность труда» абураб федералияб проекталъул бутӏалъун кколеб «Адресная поддержка повышения производительности труда на предприятиях» абураб миллияб проекталъулъ Дагъистан гӏахьаллъиялъул хӏакъалъулъ.\n«Производительность труда» абураб проекталда гьоркьобе уна федералияб кӏиго проект. «Гьел гӏумруялде рахъинариялъулъ Дагъистанги гӏахьаллъизе кколаан 2022 соналдаса нахъе. Амма республикаялъул хӏукуматалъул хӏаракаталдалъун, нилъее рес щвана 2020 соналдаго проекталда гъорлъе лъугьине. Гьелда бан гьабулеб хӏалтӏуе федералияб бюджеталдаса 2022 соналде кьолеб буго ункъо миллионгун щунусазарго гъурущ», — ан бицана Нюсрет Гӏумаровас. Проекталда рекъонкко- леб хӏалтӏи гӏуцӏизе буго Гъизляралъул «Концерн КЭМЗ» ОАОялдаги Каспийскиялда бугеб «Авиамеханический завод» ОАОялдаги.\nФедералияб централъул №5 макрорегионалъул управлениялъул нухмалъулев Виталий Лапишица бицана гьеб макрорегионалда гьоркьоре унел субъектазда гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. «Гьабсагӏаталда миллияб проекталда гӏахьаллъула Россиялъул 70 субъект, ай лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун предприятие. Дагъистаналъул щуго предприятиеги хӏадур гьабулеб буго проекталда гӏахьаллъиялъе», — ян абуна гьес."}
{"slug": "15006-tsiiyal-mashinabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15006-tsiiyal-mashinabi", "title": "Цӏиял машинаби", "date": "2021-11-26 13:52:42", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул полициялъул хӏалтӏухъабазе цӏиял машинаби кьуна гьал къоязда. Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда чӏезабун букӏана 184 машина. Хӏалтӏухъабазе цӏиял машинаби рикьана полициялъул генерал-майор Дмитрий Гутыряца."}
{"slug": "15007-maskabazul-rejdal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15007-maskabazul-rejdal", "title": "Маскабазул рейдал", "date": "2021-11-26 13:53:59", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул ГИБДДялъул хӏалтӏухъабаз щибаб къялъ хал гьабулеб буго жамгӏияб транспорталда рекӏарал гӏадамаз маскаби ххеялъул низам цӏунулеб бугищали.\nЖамгӏияб транспорталда рекӏаразда гьез бичӏчӏизабулеб буго маскаби ххеялъул бугеб пайда. Гьединго рикьулел руго вирусалдаса цӏуна-къай гьабиялъул алаталги."}
{"slug": "15008-byudzhetgi-privatizatsiyalgi-qr-kodalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15008-byudzhetgi-privatizatsiyalgi-qr-kodalgi", "title": "Бюджетги, приватизациялги, QR-кодалги", "date": "2021-11-26 13:55:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏарац Москваялде щай нахъбуссинабулеб?\nДРялъул финансазул министрасул ишал тӏуралев Гӏали Исламовас бицана бюджеталда цӏикӏкӏарасеб гӏарац (85 процент) бихьизабун бугин социалиял мурадазе, гьединго хӏисабалде босун бугин пачалихъалъ экономикаялъе гьабизесеб кумекги.\nГьедин, масала, тӏадеялъул республикаялда 188 объект базе байбихьула. Гьезда гьоркьоса 86 объект ккола социалияб кӏваралъул, 101 – ЖКХялъул. Нухазул фондалъ харж гьабизе буго 10, 3 млрд гъурущ. Киналго муниципалитетазе биччазесеб бюджетазда гьоркьосеб гӏарцул къадар букӏине буго 42,5 млрд гъурущ. Цебеялда дандеккун лъабго миллиард гъурщица цӏикӏкӏун буго гьеб.\nДепутат Мухтарпаша Гӏумахановас Гӏали Исламовасда гьикъана федералияб бюджеталдаса республикаялде бачӏунеб гӏарац харж гьабизе бажаричӏого санайилго тӏад буссинабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьелъие гӏиллабиги батӏи-батӏиял рехсола тӏадчагӏаз. Масала, проектазулгун сметабазул документал битӏун цӏезе лъангутӏи яги гьелъие заман гӏечӏолъи, аукционал гьарулелъул кколел квалквалал ва цогидаб. Гьединлъидалин абуна Мухтарпаша Гӏумахановас, цӏида-цӏидасанги цого гъалатӏал такрар гьарулел рукӏинчӏого, гьанже цӏияб хӏукуматалъул вакилзабаз бегьуларищин гьеб хӏужа хӏисабалде босизе?\nГьебго пикру загьир гьабуна депутат Султан Ибрагьимовасги: «Ункъабилеб сон буго рес рекъолеб гьечӏилан, Лъаратӏа районалъул нухазде хъил тӏезе бажаруларого. Хӏакъикъаталдайин абуни, санайилго Москваялде тӏад буссинабулеб буго 8-10 млрд гъурущ. Гьеб гӏарцухъ чан школагун ясли-ахдай базе бегьилаан, кигӏан нухалдай рахъилаан?»\nГӏали Исламовас жаваб кьуна гьеб букӏунин хас гьабун жинди-жиндир мурадги бихьизабун федералияб бюджеталдаса биччараб гӏарац. Гьединлъидал гьеб батӏияб мурадалъе харж гьабизе бегьуларин. Лъаратӏа районалда нухазде хъил тӏеялъул суал жинца «Дагавтодоралдеги» Транспорталъул министерствоялдеги щвезабилин рагӏи кьуна министрас.\nХадубго депутат Махӏмуд Махӏмудовасги тӏаде жубана гьанже пачалихъалъ экономикаялъе кумек гьабулеб къагӏида хун бугилан. Гьединлъидал гьес министрасда гьикъана республикаялъул экономикаялъе биччалеб бугеб 136 млн гъурущ хас гьабун сунда тӏад харж гьабизе бугебилан. Гӏали Исламовас жаваб кьуна гьеб бугин промышленниял предприятиязе кредитал хӏисабалда ва къайи-цӏа босизе кумекалъе биччалеб гӏарац.\nЖеги гӏемер кӏалъаял гьаруна сессиялда бюджеталда тӏасан. Депутатаз гьарурал тӏасанкӏалъаял кӏиабилеб нухалда гьеб проект гьоркьоб лъолелъул хӏисабалде росилин абуна спикер Заур Аскандаровас.\nХайир гьечӏел ГУПал\nХадуб депутатаз разилъи кьуна ункъо ГУПалъе приватизация гьабизе. Гьел ккола «Чӏикӏаб», «Дилим», гьединго Лаваша районалъул Микӏахӏи росдал «Богатыревасул» ва Сергохъала районалъул Мюрего росдал «Красный Октябрь» ГУПал.\nДРялъул мал-мулкалъул ва ракьул суалазул министрасул ишал тӏуразарулев Заур Эминовас абуна гьез букӏине кколеб хайир кьолеб гьечӏилан.\nХадубккун гьединабго приватизация гьабизе рес бугеб предприятиязул сияхӏалде босизехъин буго «Махачкалинский цементно-помольный производственный комбинат» абураб акциячагӏазул гӏуцӏиги.\nСессиялда 64 депутатас разилъи кьуна QR-кодал рилълъанхъизариялда бан гӏуцӏараб законалъул проекталъеги. Ункъо чи гьелда дандечӏана. Анкьгояс гьаракь кьечӏо.\nХаржал цӏикӏкӏина\nРосабалъ гӏумру гьабулел цо- цо хъулухъчагӏазе 25 проценталъ харжал цӏикӏкӏинаризехъин ругин бицана гьениб захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министрасул ишал тӏуразарулей Зумруд Мухӏудиновалъ.\nАхиралда депутатаз хӏукму гьабуна гьал къоязда ДРялъул Пачалихъияв секретарьлъун тӏамурав Мухӏамад- Султан Мухӏамадовасухъа Халкъияб Собраниялъул депутатасул мандат нахъе босизе.\nГьенир гьоркьор лъун рукӏана цогидал суалалги.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "15009-l-imerl-iyal-ul-lakhizatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15009-l-imerl-iyal-ul-lakhizatal", "title": "Лъимерлъиялъул лахӏзатал", "date": "2021-11-26 13:59:48", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Тӏаде щолеб буго дир бабал байрам. Киналго улбузул гьайбатаб байрам. Гьелда цересел лахӏзатаз бокьун буго лъимерлъиялде нахъ юссине, дагьайго гогьдаризе. Эбелалъул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьейгун гаргадизе. Лъимерлъиялъул иццухъ кӏалги чӏван, гӏорцӏизегӏан дирго пикраби гьекъезе. Лъимерлъиялъул пикраби. Гьез роцӏинабула чӏунтун ине теларилан дун лъугьун йигеб ракӏги, гьелъул чӏвабзаз рачунел хӏасратал сариназухъ гӏенеккидал, кьурдизегицин гьесарилей йиго. Гьитӏинлъилин цо лахӏзаталъ – бокьун буго лъимерлъиялъул маргьадалъе лъутизе ва дирго гӏелалъул гӏадамаздеги лъималилан ахӏизе. Биччанте гьеб лахӏзаталъ дидаго цадахъ гьитӏинлъизе дир гӏумруги, гӏумруялъул соналги, соназул чӏумазда рарал маржаназул цӏалги… Гьале дун – гьитӏинай Шамай. Дун гаргалей йиго дунго гӏадал лъималазда.\nБабал бакъги дадал цӏаги\nЛъимал! Бицинищ нужее дир бабал бакъалъул къиса. Гӏенекке цо лахӏзаталъ.\nУнго-унголъунги цо гьелъул берцинлъи. Рогьалилъ дир гордадаги кӏетӏола гьеб, цинги гьуинаб макьида кьижун йигей дида лъурлъудула. Гьеб бачӏуна дихъе, цадахъ бабал убачги бачун. Цинги гьелъ дун еэдун толей куцха! Убачалъе хӏалае заманалдасан бабал хӏеренал квералги рачӏуна. Огьо-гьой! Недегьго гьез дун гогьдаризаюн толей куцха!\nГьале тӏаде щвана бабал гьимиги.\n— Дир дару дарман, — иланги абун, гьеб гьимиялъ дун йосун хъахӏил зодихъ дирго цӏваялда аскӏой лъола. Гьенисан дун бабал беразда цадахъ дунялалъухъ гӏащикъго ялагьула. Бабаца, жиндирго балагьиялъул кумекалдалъун, жиндирго квераз дир гӏисинал квералги ккун, жиндирго гьимиялъул сариназул бакъназухъе нухарегӏула дун кӏудияб талихӏалде данде. Гьенибги дие бабал бакъалъ кьола анкькьераб нуралъулаб кунчӏи.\nДир бабал бакъалъул буго лъабго чӏор, цоялдаса цояб гвангъараб ва кунчӏараб.\nТӏоцебесеб чӏоралъ жиндирго къиса сайгъат гьабулеб буго дие, хъизамалда кӏудияй ясалъе. Кӏиабилеб чӏоралъе гьелъ цӏар кьун буго кӏудияв васасул. Лъабабилеб чӏорги – гьитӏинав вац. Бабаеги дадаеги нилъ цохӏо хӏалалда рокьула. Гьезул бакъул чӏоразулги цӏадул мацӏазулги щибалъул буго жиндирго къисаги къисматги. Гьез гӏажаибго гьайбатал расенал угьулел рукӏуна щибаб лахӏзаталъ дадалги бабалги гӏумруялда.\nБуго бабал бакъалъе хинлъиги гвангъиги кьолеб цоги чӏорги. Гьеб буго бабал бакъ цӏунизе Тӏадегӏанас гьелъие битӏараб хӏикматаб чӏор. Гьелъие цӏарги кьун буго инсул. Гьев ккола дир дарманав дада. Гьес нижер хъизамалъул гъасда бакун буго даимаб цӏа. Гьев ккола гьеб цӏадул кӏудияб мацӏлъунги. Гьеб цӏадул хӏенхӏаллъун руго нижги, дадал цӏаялъги бабал бакъалъги цӏунарал, гьезул гӏумруялда накъиш угьарал хӏурулгӏинзаби.\nЛъимал! Лъала – нужер щивасулги буго бабал бакъги дадал цӏаги. Цӏуне гьел. Гьел ругебгӏан мехалъ, талихӏ нилъеда аскӏоса кибениги кьуруларо. Гьел бакъул чӏораз нилъеда аскӏоса хъамула чӏегӏерал накӏкӏалги, сурукъал ишалги, квешал гӏадамалги. Бабал бакъалда гъорлъ буго нилъер щивасул гӏумруялъул чӏор. Гьелъул хинлъиги, гвангъиги, роцӏенги – гьеле бабал бакъалъулги дадал цӏаялъулги аслияб. Щибаб бакъалъулги щибаб цӏаялъулги буго жиндирго къиса. Дир бабада цӏар буго Хӏалимат. Берцинаб цӏар гьечӏищха, лъимал? Дадада цӏарги Расул буго.\nБабал бакъги дадал цӏаги!\nГьез нухарегӏизе йиго дун цогидаб, батӏияб дунялалде. Гьел даим дунгун рукӏине руго, дир гӏумруялъул нухалги къалъизарулаго, дир къисматалъе хинлъиги кьолаго… Лъан букӏаха, лъимал, гьезул кунчӏи бараб буго нилъеда. Нилъецалъидал гьезие тӏад буссинабизе кколеб берцинаб кьералъулги гьуинаб махӏалъулги талихӏ…\nЭбелалъул кечӏ\nЛъимал! Лъалищ нужеда дунялалдаго бищунго берцинаб кечӏ кинабали? Нужеда киназдагоги лъала гьеб. Гьеб буго эбелалъул кечӏ. Тӏоцебе гьеб нилъеда рагӏула кинидахъ. Гьеб кочӏохъ гӏенеккараб лъимада кӏочон тола жиндирго «къварилъаби». Гӏодиги тола гьелъ, кинабго бичӏчӏулеб бугеб гӏадин, сихӏкъотӏунги чӏола. Гьеб кечӏ ккола нилъер гӏумруялъул аслу. Дахӏабабаца гӏемер бицуна бахьикъосарав вас лъугьани яги малъараб гьабуларей яс лъугьани, абулила эбелалъул кинидахъ кечӏ рагӏун батуларин гьездайилан.\nЦинги цӏидасанги боржуна бабал кечӏ нилъехъе. Гьелъ гьеб ахӏула, нилъер гьурмада гьими бихьидал. Бабал кечӏ бохула, нилъер релъи рагӏун. Гьеб белъула, нилъер, лъималазул, талихӏалда къвалги бан. Гьеб гӏодула, нилъер магӏуялда убачалги гьарулаго.\nЛъимал! Щибха нилъеца гьабизе кколеб, бабал кечӏ кидаго кьурдулеб букӏине ккани?\nТӏоцебесеб иргаялда, гьелъ малъараб гьабизе ккола нилъеца. Гьезул макьил рахӏатги цӏунизе тӏадаб буго нилъеда.\nБабал кечӏалъулги саринал батӏиял рукӏуна, хъизамалъул хӏубилъунги ракӏлъунги кколев дадал кьвариги, къвакӏиги, къамартӏлъиги хьолбохъ ругони.\nРачӏа, лъимал, цӏунизе нилъерго хъизамалъул гъасда бабал бакъги кечӏги, дадал цӏаги, нилъехъ урхъун бугеб талихӏги.\nЭбелалъул ццин\nЛъимал! Унго-унголъунги, дир бабал букӏунеб берцинаб ццин. Ахӏдолейго ахӏдолей йикӏуна гьей, хӏалицаго ккун релъиги букӏуна. Гьеб лахӏзаталъ бабал ццингицин белъанхъулеб букӏуна. Цо-цо мехалда дида ккола, ццинилан цӏар букӏаниги, гьеб гьезего гьечӏин гьелъулилан. Батанигицин, гьеб буго цӏакъго цӏакъ хӏеренаб.\nГьелъгицин нилъер гӏумруялда рахъулел хӏикматал накъишал!\nДида лъала киналго улбузул ццин цохӏо кьералъул букӏунеблъи. Гьеб релълъуна цӏадалдаса хадуб зодихъ рещтӏараб нуралда.\nГьаб кинабго данде гьабуни, лъугьуна хъизамалъул квацӏи. Гьеб бечӏазе тезе бегьуларо нилъеца. Рачӏа цадахъ хӏалтӏизе, хӏурматиял лъимал! Даимаб рецц хъизамалъул квацӏиялъе.\nЭбелалъул кверал\nЛъимал! Чӏвалеб гьечӏищ нужеда эбелалъул кверазул тӏагӏамаб махӏ? Дицайин абуни, дирго квераз гьалъул квералги ккун, свери бахъулеб буго лъимерлъиялъул авлахъалда.\nГьале уней йиго эбелгун цадахъ, хурие, ссандаса бецараб харил магьал цӏезе. Гьалеха дир магьги, дунялалда бищун хӏеренал квераз цӏун кьураб – киса-кибего – дурусаб, узданаб. Квегӏисан, кваранисан раккарал тӏугьдулги. Эбелалъ, дир магь берцинлъизе, магьида гьоркьор лъурал тӏугьдузул квацӏаби. Доб мехалда гьезул берцинлъиялдаса лазат босизе гӏакълу букӏинчӏо. Гьанже гьел тӏугьдузул махӏалъул бухӏиялъ лъалъалел руго лъимерлъиялъул ракӏалдещвеял.\nИх магӏаруллъиялъул кавуда кӏутӏидал, «Гӏалагӏарт» майданалде тира-сверизеги рахъунаан ниж. Гьелъулги букӏана цо хасаб магӏна. Гьеб заманалда магӏарухъ жеги гӏазу биун букӏунаро. Гӏазукьан къватӏире раккун рачӏине хӏаракат бахъулел дерец тӏугьдуз берцин гьабун букӏуна майдан. Аби гьечӏищха, тӏоцебе дерец бихьарав гьеб соналда бищун талихӏав вукӏунилан абураб. Амма дида гьеб лъицаниги кибниги абулеб рагӏичӏо тӏокӏалъ. Гьебги букӏун батила цохӏо йигей ясалъе талихӏ балагьулей йигей эбелалъ жинцаго ургъараб жо. Жиндаго бихьараб тӏегьги дида бихьанилан чӏолаан гьей. Гӏазукьа дерец эркен гьабулаго, дир кверал квачалилан хӏинкъун, жиндирго квераз тӏолаан гьелъ дерец, Тӏадегӏанасда дие талихӏги гьарун. Гьел квераз бахъанщинаб хӏаракат, дир гӏумру буцӏцӏине…\nЭбелалъул талихӏ. Эбелалъул ракӏ. Эбелалъул гьими. Эбелалъул магӏу…\nКинабго лъималазул кодоб…\nГьалеха цӏидасанги нахъ юссуней йиго лъимерлъиялъул улкаялдаса. Ва цӏидасанги ракӏалде щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Мунагьал чураяв инсул хабаде щвезе рузман къояз дунги унаан эбелалда цадахъ. Цо нухалда хабзалалъ нижеда ятана нижерго гӏагарай, гьабсагӏаталда дир бугеб ригьалъул гӏадан. Некӏого хварай эбелалъул зонода къвалги бан, гӏодулей йигоан гьей. Цинги дица эбелалда абуна гьагъалъегӏаги эбел щайдайилан. Гьеб дуда жеги бичӏчӏуларинги абун, гъолде аскӏоеги ун, гьейги гӏодана. Гьанже бичӏчӏулеб буго дида дой гӏаданалъул магӏил багьа… Улбузухъ тӏолеб бугеб магӏил бакӏлъиги бухӏиги…\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15027-rukiinesel-ulbuze-bugeb-khiink-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15027-rukiinesel-ulbuze-bugeb-khiink-i", "title": "Рукӏинесел улбузе бугеб хӏинкъи", "date": "2021-11-28 13:07:05", "categories": ["med"], "text": "РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, коронавирусалъул инфекциялъ лъимал гьариялъул ригьалда ругел руччабазегун бихьиназул сахлъиялъе зарал гьабулеб буго. Коронавирусалъ унтарал, лъимаде ругел руччабазул сахлъиялъул цӏех-рехалъул хӏасилалда, гьарурал лъималазул 2,3 проценталда эбелалдаса унти ба- хун батана. Коронавирусалъ унтарал улбулин абуни захӏматаб хӏалалда рукӏана. Унтун хадуб захӏмалъаби раккулел руго 35 сонил ригьалдаса арал руччабазул сахлъиялъулъ, гьединазе лъимер щвеялъул рахъалъ захӏмалъаби рукӏине бегьула. Коронавирусалъ унтичӏезда дандеккун, вирус бахаразул лъимал гьариялъул рахъалъ захӏмалъаби раккиялъул хӏинкъи щуго нухалъ цӏикӏкӏараб буго.\nКоронавирусалдаса сах гьарулаго унтарасе гьарурал батӏи-батӏиял дарабаздаса хадуб интоксикация кколеб бугин абураб пикруги буго тох- турзабазул.\nКъойилго гӏадин рагӏулел руго коронавирусалъ унтаразул ва хвара- зул хӏакъалъулъ. Кин букӏаниги, нилъедаго бухӏи хъвазегӏан гьеб балагьалъул магӏнаги бичӏчӏуларо. Лъимер гьабизе мех щварал руччабазгицин жамгӏиял бакӏазда маскаби ххолел гьечӏо. Тӏоцебесеб иргаялда жинцаго жийго, хадуб гӏагарлъиялъ ва жамагӏаталъ цӏунизе кколарищ йикӏинесей эбел коронавирусалдаса? Лъимаде ругел, загӏипал руччабазул сахлъи гьеб унтуца кӏвекӏулеб куцалъул ва тохлъукьего бачӏараб унтуца гӏажалалде цӏаялъул хӏакъалъулъ унтараз ва гьезул гӏагарлъиялъ бицараб хӏакъикъат рагьулеб буго гьаб макъалаялда.\nКвешал харбал вирусаздасаги захӏмалъула\nГьитӏинай яцгун дандчӏвазе кӏудияб гӏищкъугун ругел Аминатил хъизамалда нахъа букӏун буго кӏудияб балагь. Аминатица лъимер гьабизе жеги моцӏ хутӏун букӏана. Сахлъиялъул рахъалъ цо-цо гӏисинал захӏмалъаби сабаблъун гьей больницаялда егизаюн йикӏана. Кколеб даруги гьабун, кватӏичӏого рокъое йиччазеян йикӏарай Аминатил тохлъукьего цӏа-кан бахана. Больницаялда баханин гьелде коронавирусин абулеб буго гӏагарлъиялъ. Коронавирусалдаса сах гьайизеян цогидаб больницаялде ячана. Коронавирусалъ унтун йигин лъаралдаса нахъе Аминатил рекӏелъе хӏинкъи лъугьана. Моцӏалъ цебе коронавирусалъ унтун хварай, гьейгун гӏелбащадай гьалмагъ цее тӏамуна. Гьелдаги Аминат букӏана цӏар. Гьейги лъимер гьабизе мех щун йикӏана. Лъимергӏаги хвасар гьабеян гьарулеб букӏана гьалмагъалъул гӏагарлъиялъ. Амма тохтурзабаз гьеб жавабчилъи тӏаде босичӏо. Чехь ссун лъимер хвасар гьабуниги, операциялъул столалдаго холин нужер ясин тохтурзабаз абурал рагӏабиги рекӏелъ къан, лъимадул гӏумруялъе гӏоло рагӏицин абичӏо Аминатил эбелалъ. Гӏагарлъиялъулги яс сахлъизе бегьулин абураб хьул букӏаралъул. Гьалмагъго гӏадин, жийги хвелин хӏинкъиялъул асаралда гъоркь йикӏарай Аминат, 22 сонил ригьалда йигей ва лъимер гьабизе мех щварай гӏолилайги квешго унтидал, тӏадеги хӏал хисун лъугьана. Палатаялдаса нахъе ячун уней гӏолилай лъавуда йикӏинчӏо. Аминатида гьейги хванин ракӏалде ккана ва тӏокӏалъ гьелъул хӏинкъи гӏодобцинабизе кӏвечӏо. Палатаялъуса ячун арай реанимациялда чанго къоги бан лъавуде ячӏана ва жиндирго лъимадуе гӏумруги кьун абадиялъго къанщана. Аминатин абуни гьеб заманалда реанимациялда йикӏана. Больницаялда къойилго гӏадин хвалил хӏакъалъулъ рагӏулел харбазги гьелъул рекӏее рахӏат течӏо. Гьелъул ракӏ гӏодобе биччазабизе, аскӏое эбелгӏаги йиччалей йикӏарайани, ургъел бигьалъилаан букӏараб. Цо къоялъ эбел аскӏое щвараб мехалдаги гьей гӏезегӏан гӏодое йиччан йикӏана.\nЭбелалъ гӏемер гьарана Аминатие ракӏ батулеб рагӏи абизегӏаги, гьелъул квералда квер бахъизегӏаги гьелда аскӏое йиччаян абун. Тохтурзабаз изну кьечӏо. Лъимадуе бегьунгутӏиялъухъ балагьичӏого, Аминат коронавирусалдаса хвасар гьайиялъе, кколеб къагӏидаялда киналниги дараби гьарулел рукӏана. Лъабго къоги реанимациялда бан, ургьиб лъимергун рухӏ босана Аминатил. Рокъоб хутӏараб кӏиябго лъимерги махӏрумлъана эбелалъул хинлъиялдаса. Лъимаде йигеб мехалда би жеги цӏикӏкӏун бакъвалъулин абула. Коронавирусалъин абуни гьеб жеги бакъвазабулеб буго. Тромб тӏун бугин гьелъулин абуна тохтурзабаз. Реанимациялда егизаюн йикӏинчӏейани гьей чӏаго хутӏизеги бегьулаанин ракӏунтун бицунеб букӏана Аминатил гӏагарлъиялъ. Кислородалъул маска ххун хадуб гьелъул къуват хӏехьезе кӏвечӏого хванин ясин рикӏкӏунеб буго гьез. Аппараталъ кьолеб бацӏцӏадаб гьава цӏазе гьуърузул хӏал гӏун батиларин абурал пикрабиги рукӏана гьезул. Аминат хун хадуб, гьелъул эбелги унтана коронавирусалъ. Больницаялде ккечӏеб хӏалалъ захӏматгоги йикӏинчӏо. Рокъобго гьабуна дару. Тесталдалъун унти бугищали хал гьабидал, гьебги батичӏо. Гӏемерисел унтаразул тестаздалъун гьарурал анализазда рекъон, коронавирус гьечӏин абуниги, гьелъул гӏаламатал ратулел руго.\nБожилъиялъеги заман къваригӏуна Лъимер ургьиб бугезеги вакцина гьабизе кколин абула. Вакцина гьабун букӏарабани, Аминат ва гьейго гӏадал лъимаде ругел руччаби хвалдаса ва унтудаса цӏунизе рес букӏанадай абураб пикру бачӏуна ботӏролъе. Аминатил гӏагарай гӏадан Сагӏидатица бицана гьелъул жидецаги пикру гьабулаанин.\n— Нижер яс унтиги хвейги Аллагьасул къадар буго. Вакцинаялдаса хадубги гьеб унти бахинчӏого букӏинин яги вакцинаялъ кинаб хӏасил кьелебалиги лъаларелъул. Вакцинаялъ хадубккунги кинабгӏаги захӏмалъи кьелин хӏинкъулел руго. Ургьиб бугеб лъимадуе зарал ккелинги хӏинкъулел руго. Гьелъул хӏакъалъулъ чӏванкъотӏараб рагӏи абизе кӏоларо. Байбихьуда абулаан вакцина лъимаде ругезе, ракӏ унтаразе ва цогидалги унтаби ругезе бегьуларин. Гьанже гьезиеги бегьулин бицуна. Вакцина гьабизе хӏинкъулел руго цо-цо дарабазде аллергия букӏиналъ. Байбихьуда аллергия бугев чиясеги гьукъун букӏана прививка гьабизе, гьанжейин абуни гьелъулги халцин гьабулеб гьечӏо. Ункъабилеб да- ражаялъул онкология бугев чиясе хутӏизегӏан киназего гьабизе бегьулин прививкаян абулеб буго тохтурзабаз. Прививка гьабизеян араб бакӏалда дица цӏехана пуланал дарабазде ва кванде дир аллергия бугин, нагагь коронавирусалде данде прививка гьабулаго гьелда гъорлъ бугеб щибгӏаги жо данде ккечӏони, щиб гьабилебин абун. Жидеда лъазабун бугин ункъабилеб даражаялъул онкологияб унти бугезе хутӏизегӏан, киназего вакцина гьабеян абун, дур аллергия батаниги жидее батӏалъи гьечӏин абуна прививкаби гьарулеб пункталда. Гьел рагӏабаздаса хадуй дунги кьурун нахъ юссана гьезул кабинеталъуса. Аллергия бугей ункъгӏалалъеги гьабуна вакцина, тӏоцебесеб компоненталдаса хадуб гьелъие квеш лъугьана. Дуе гьеб дандеккечӏин абун кӏиабилеб компонент гьабичӏого тана тохтурзабаз. Хадуб, заманалдасан гьелъ Спутник-лайт вакцина гьабуна. Гьелде данде аллергияги баккичӏо. Аллергия гьелъ дагьго кьолинги абула.\nКоронавирус бахинчӏев чи хутӏун ватиларо\nКоронавирус тӏибитӏаралдаса нахъе гьеб унти киназдего бахун батила. Дунги коронавирусалъ захӏматго унтана. Больницаялда егун хадуб, кӏиго къоялдасан нижер рокъоселги унтизе лъугьана. Бетӏергьанчиясул дагьабго мехалъ цӏа-кан бахана ва бигьаго сахлъана. Лъималги больницаялда регизе ккечӏого сахлъана. Хӏалтӏуда цоцадаса вирус бахун ниж чангоял унтун рукӏана. Цадахъ хӏалтӏулей коронавирусалъ унтун больницаялде ккана. Анкьидасан дирги цӏа-кан бахун гӏодобе ккезабизе кӏвечӏого больницаялда егизаюна. Хадуб лъабго къоялдасан цогидалги унтана. Больницаялдаса рокъое йиччан хадубги рухӏ бачӏунарого, черх рукӏалиде кколарого гӏемераб заман бана. Больницаялдаса рокъое йиччараб къоялъ, тохтурас рокъоб гьекъезе лъикӏабин абураб даруялда хадуй аптекаялде унаго, бохдул рахъизе кӏоларого йикӏана. Дихъ гӏенеккулелго гьечӏин бохдулин кколаан. Больницаялда ругеб мехалда гьедигӏан захӏматго букӏунароан. Бацӏцӏадаб гьава бугеб бакӏалде щведал, галаби росизецин захӏмалъана. Гьеб унтудаса сахлъун хадубги ракӏалда щибго жо чӏезабизе захӏмалъула. Цӏеда лъураб хьаггицин кӏочон тун батулаан. Байбихьуда хӏалтӏудаги цӏакъ захӏмат букӏунаан. Хехго свакалаан. Цо хӏалтӏуде пикру буссинабун бажарулароан. Гриппалъ унтун хадуб гьединал захӏмалъаби кидагӏаги дандчӏван рукӏинчӏо. Гьале лъагӏел свераниги жеги чорхол хӏал рукӏалиде бачӏун гьечӏо. Рищалаби унтула мех-мехалда. Дир гьадингоги бакъваяб би букӏана. Коронавирусалъин абуни гьеб жеги бакъвалъизе гьабуна. Хӏухьел цӏазе захӏмат букӏана. Нижер хъизамалъулго буго ракӏалъулгун сосудазул унтаби, би бакъвалъи. Мех-мехалдаса кверал ва хӏатӏал цӏулгӏала. Бащдаб лъагӏалицагӏаги рас хӏулулеб чӏечӏо. Коронавирус бахиналде цебеги мех-мехалъ рищалаби унтулаан дир. Больницаялдаса нахъе йиччалелъулги тохтуралъ абун букӏана рищалаби сах гьаризе, лъедезе кколин абун. Гьелдаса хадуб гӏезегӏанго мадарги лъугьана.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15097-daniyalovase-barab-pamyatnik-ikhdal-k-achiala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15097-daniyalovase-barab-pamyatnik-ikhdal-k-achiala", "title": "Данияловасе бараб памятник ихдал къачӏала", "date": "2021-12-03 12:25:22", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда бугеб Гӏабдурахӏман Данияловасе лъураб памятникалдаса рортун рачӏун рукӏана къанал. Гьеб ургъунго гьабураб иш батизе бегьулин абураб пикруги загьир гьабун, гьелъул хӏакъалъулъ кӏодо гьабун бицунеб букӏана социалиял гьиназдасан.\nАмма хӏакъикъат батана тӏубанго батӏияб. МВДялъ тӏибитӏизабураб лъазабиялда абулеб буго, расандулаго школлъималаз кверал хъван, рортарал къанал ругин гьелилан. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Айтемир Сатираев гьеб баяналдаги тӏад рекъолев гьечӏо.\n«Цоцазда щакдарилалде, расги гӏайиб гьечӏел чагӏаздехун рокьукълъи бижизабилалде цебе нилъеца гьабулеб иш цин анкьцӏул борцине ккола. Дун ана гьеб памятникалъухъ балагьизе. Цӏадазги гӏазу-цӏералъги тӏубан жагъаллъун батана гьеб – постаментги бюстги. Киса-кирго кьватӏалабазул цӏунги буго гьеб. Заман баялъ ккараб жагъаллъи гуребги, жибго гьабураб къагӏидаги лъикӏаб гьечӏо гьелъул. Гьенир аскӏор руго гӏезегӏан къадруял идараби — шагьаралъул тӏоцебесеб школаги, УВДги, гӏемер рикӏкӏад гьечӏо Культураялъул министерствоги. Амма памятникалде регӏарав чи гьечӏо. Аллагьас хъван батани, авар автономиялъул нухмалъулев хӏисабалда, дунял хинлъараб мехалда дида ракӏалда буго гьеб памятник къачӏазе», — ян бицана «Хӏакъикъат» газеталъе Айтемир Сатираевас.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "15098-sajpudinil-barakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15098-sajpudinil-barakat", "title": "Сайпудинил баракат", "date": "2021-12-03 12:46:59", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гьал къоязда редакциялде кӏалъан вачӏана Гъуниб районалъул Гьонода росдал бегавул Хӏажиев Мухӏамад. Гьес бицана исана риидал росдал цо авалалда бугеб трансформатор бухӏиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъул суал тӏубазе кӏвелародайин анила райцентралде.\n— Администрациялда абуна, районалъул токалъул управлениялъул нухмалъулевлъун цӏияв чи тун вугин, гьесде аскӏове айилан. Ана Мухӏамадов Сайпудинихъе. Битӏараб бицани, дирго унти гьесда бицунеб мехалдаги божилъи букӏинчӏо гьес дир мурад тӏубазе батилин абун. Нилъеда бихьулеб бугелъулха, вачӏинахъего дур къваригӏелги тӏубан, мун рази гьавулел хъулухъчагӏи жакъа къанагӏалъун ругеблъи. Цӏияб трансформатор хӏажат бугин абидал, бичӏчӏанин, тӏубалин дур мурадилан рагӏи кьуна Сайпудиница. Нуж бицун божа, нахъисеб къоялъго, бачун цадахъ монтеразул бригадагун вачӏана гьев ва лъуна цӏияб трансформатор. Гьале ункъо сон буго дир бегавуллъун вугелдаса, гьединав инсан вихьунго вукӏинчӏо.\nНижер росдал ва хас гьабун дирго рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьесие. Росдал гӏумру цебетӏеялъе чара гьечӏого хӏажатал квегӏенлъабазул аслияб лъабго жо босани, токги, лъимги, нухалги ругин абуни, мекъи ккеларо. Токги буго бищун бетӏер унтизабулеб масъала. Битӏахъе гӏиндамес бакъвазабула халкъалъ росулъ ток свани. Гьединлъидал цӏакъ чара гьечӏого хӏажат букӏана трансформатор, — илан бицана М. Хӏажиевас.\nГьесул гьариги тӏубазабун, Сайпудинилгунги бухьен гьабуна нижеца.\n— Гӏемераб мех гьечӏо дир гьаб хъулухъалде вачӏаралдаса. Амма гьаниве вачӏараб къоялъго дица диего рагӏи кьуна, метер Аллагьасда цеве щвараб мехалъ, Гьев разилъулеб хӏалалъ гьабизе дидаго тӏадкъараб хӏалтӏи. Бажарулеб бугони духъа Аллагьги, гьес рижарал лъагъзалги рази гьарун, сунца дуе квалквал гьабизе кколеб гьелъие? Гьединлъидал дицаги ракӏбацӏцӏадго тӏубазе хӏаракат бахъулеб буго тӏадкъараб хӏалтӏи. Гьаниве дун вачӏун гӏемераб мех иналде, Гъуниб росулъги букӏана бухӏун трансформатор. Районалъул нухмалъулесул заместитель вукӏана цӏакъ чара бухӏун, гӏагараб заманалда роцӏинабун бажарулареб масъ ала гьеб бугеб гӏадин. Дица гьесда гьикъана кигӏан мехин бугеб дур гьанив хӏалтӏулевилан абун? Микьго сон бугин жаваб кьуна, дир микь го къо бугин абуна дица. Амма метерго гьанибе цӏияб трансформатор бачӏинабулинхаянги бичӏчӏизабуна гьесда. Бачӏинеги гьабуна. Бажаруларин, кӏоларин иш тезе бегьуларо. Гьабизе лъугьани бажарулареб жо букӏунаро. Гӏицӏго рекӏелъ таваккалги, гьабулеб ишалде рокьиги, дагьа-макъаб букӏаниги гъираги букӏине ккола. Гьеб мехалъ кинабго рагӏалде бахъуна, — ян бицана Сайпудиница.\nТӏад квартӏа кӏутӏизе бакӏ гьечӏел рагӏаби гьечӏищха?!\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15099-tarikhalda-tarab-adabiyab-l-alki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15099-tarikhalda-tarab-adabiyab-l-alki", "title": "Тарихалда тараб адабияб лъалкӏ", "date": "2021-12-03 12:55:09", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "2017 соналда кӏодо гьабуна магӏарулазул миллияб республикаялъулаб газета къватӏибе биччаралдаса нусго сон тӏубаялъул юбилей. Бачӏунеб соналъул 3 апрелалда 105 сон тӏубала газета бахъизе байбихьаралдаса. Жакъа «Хӏакъикъат» абураб цӏаралда гъоркь магӏарул цӏалдолезухъе щолеб газеталъул тарих байбихьула Махӏач Дахадаевасул лъади Написатица «Заман» газеталъул тӏоцебесеб номер басмаялда бахъараб къоялдаса. Гьей йикӏана Шамил имамасул вас Мухӏамадшапигӏил яс.\nТӏубараб гӏасруялда газеталъ на хъа тараб нухлул хӏакъалъулъ «За маналъул матӏу» абураб анкьнусго гӏезе гӏемер камичӏеб гьумер бугеб кӏудияб тӏехьалъул авторлъун вуго магӏарулазул лъикӏав шагӏир ва журналист, «Хӏакъикъат» газеталъул редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаев.\nГьеб буго магӏарул халкъалъе, хасго нилъер миллияб газета хирияб агь луялъе цӏакъго къиматаб ва гӏемерго пайдаяб, киназго ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе мустахӏикъаб сайгъат. Бичӏчӏизе ккола гьеб букӏин чанго соналъ тӏадчӏун ва кӏудияб захӏмат баччун гьабураб хӏалтӏи. Гьанибго абизе ккола жинца тӏаде босараб гьеб кӏвар бугеб ва захӏматаб масъала тӏадегӏанаб даражаялда тӏубазабизе бажариги махщелги гӏун бугин авторасул. Гьаб тӏехьалдасан бихьулеб буго нилъер миллияб газеталъ цӏикӏкӏараб бутӏа лъун букӏин, гӏицӏго магӏарулазул гуребги, тӏолабго Дагъистаналъулги жамгӏиял ва политикиял масъалаби тӏуразариялъулъ.\n«Газеталъул нух» абураб цеберагӏиялда техьалъул авторас рехсолел руго гьединаб даражаялде миллияб газета бахиналъе квербакъарал хӏаракатчагӏи. Авторас тӏехьалда бихьизабулеб буго магӏарул газеталъул ва журналистикаялъул бечедаб тарих букӏин. Нилъер газета бахъизе байбихьаралдаса гьенир хӏалтӏулел рукӏана машгьурал публицистал, художникал, революционерал, лъай тӏибитӏизабулел чагӏи – Махӏач Дахадаев, Написат Дахадаева, Мухӏамад Мирза Мавраев, Мухӏамад-Мирза Хизроев, Мухӏамад-Къади Дибиров, Гӏабдулатӏип Шамхалов, Халилбег Мусаясул, Асадула Мухӏамаев, Мухӏамад Абакаров, Жалил Жанбулатов, Ражаб Динмухӏамаев ва цогидалги. Гьаб халатаб сияхӏалде росарал цӏакъго машгьуразда гьоркьор ра тулел руго жеги нилъеда лъалел рукӏинчӏел цӏарал. Гьелъги нугӏлъи гьабулеб буго тӏехьалъул автор газеталъул тарихалде гъорлъе гъваридго ваккун вукӏиналъе ва тарихалда лъалкӏ тарал хӏаракатчагӏи ратизе жигар бахъун букӏиналъе.\nГьединал нилъ хӏикмалъизарулел хӏужаби жеги гӏемерал ратизе руго гьаб тӏехь байбихьудаса ахиралде щвезегӏан цӏаларасда. Цӏалдолесе кинабго рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏизе бигьалъиялъе тӏехь бикьун буго батӏи-батӏиял бутӏабазде. Тӏоцебесеб бутӏаялда кьун буго 15 редакторасул цӏаразул сияхӏ, гьел кисаялиги бихьизабун. Гьеб сияхӏалдаса хадур гӏемерал сураталгун цадахъ тӏехьалда кьун руго гьел редакторзабазул гӏумруялъулги хӏаракатчилъиялъулги хӏакъалъулъ чӏахӏиял макъалаби. «Магӏарул мацӏалда рахъулел рукӏарал газетал» абураб бутӏаялда батула батӏи-батӏияб заманалда нилъер миллияб магӏарул газе талда лъун букӏараб 12 цӏаралъул баян. Гьениса босун, гьел цӏаразул сияхӏги лъолеб буго гьаб макъала ялда цӏалдолезе баяналъе. «Заман», «Аваристан», «Хӏалтӏулел чагӏи», «Багӏараб байрахъ», «Багӏарал мугӏрул», «Магӏарул мискинзаби», «Магӏарулав», «Социализмалъул байрахъ», «Магӏарул большевик», «Дагъистаналъул прав да», нахъеги « Б а г I а р а б б а й р а х ъ » ва гьанжесеб «Хӏакъикъат».\nАнализ гьабун буго щибаб газеталъул, щиб гьениб хъвалеб букӏараб, щиб бахъулеб букӏараб, щив редакторлъун вукӏарав. Гьаб бутӏаялдаги авторас лъун руго гӏемерал суратал. Амма бищунго дун хӏикмалъизавураблъун лъугьана гьеб анцӏила кӏиябго цӏаралда гъоркь магӏарул газета къватӏибе биччалеб букӏараб нусгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьелъул щибалда рахъарал рикӏкӏун хӏал кӏоларелгӏан гӏемерал гӏисиналги чӏахӏиялги макъалаби ва цо-цо кучӏдулги тӏехьалде росун рукӏиналъ. Гьайгьай, цо рахъалъ босани, гьеб буго дол соназда сунде кӏвар кьолеб букӏарабали гьанжесев цӏалдолесда бихьизабиялъул мурадалда гьабу раб хӏалтӏи. Дида ракӏчӏун абизе кӏола гьаб тӏехь кодобе босараз гьел цӏикӏкӏараб гъираялда цӏалилин. Цоги рахъалъ босани, битӏахъе сагьвиллъизавуна, гьеб захӏмалъи тӏаде босун, Пайзулаев кӏвахӏ гьечӏого хӏалтӏун вукӏиналъ. Кинаб захӏмалъиялиги бицинин гьаниб. Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназул ахиралде щвезегӏан гьел газетал рахъулел рукӏана тӏоцебе гӏажам, хадуб латин хъвай-хъвагӏаялда. Гьел газетазда ругел нус-нус макъалабазда гьоркьоса тӏехьалде росизе кинал тӏаса рищилелали кӏвар кьун цӏализе ккей – цо захӏмалъи, гьелдаго цадахъ, кӏиабилеб захӏмалъи – гьел киналго гьанжесеб хъвай-хъвагӏаялде сверизаризе ккей.\nБитӏахъе бицани, дида кӏолеб гьечӏо гьединал макъалабазда хьолбохъан ине. Гьаниб мисалалъе босизе бокьун буго «Магӏарул большевик» газеталда бахъун букӏараб «78 сон барав Ахӏмадхан цӏализе лъугьун вуго» абураб макъала. «Гумбет районалъул Сивухъ росулъ вуго Нурмухӏамаев Ахӏмадхан абун цо 78 сон барав херав чи. Ва амма рарал соназде балагьун хер- лъун вукӏаниги, бетӏер ва мегеж, жидерго росда цебе бугеб борхатаб чабхил мегӏер гӏадин, гӏазухъахӏлъун букӏаниги, колхозник Ахӏмадханил тирилъиги рекӏел гъираги гӏоло хъабаздаса нахъе кколаро. Исана чӏахӏиязул цӏалиялда байбихьарабго гьев, алфавит тӏад хъвараб цо кагъ- тил тӏамачги кодоб ккун, школалде хьвадизе лъугьана. Гьесул гъираялде балагьун школалъул советалъ гьесие къваригӏарабщинаб къайи кьуна. Гьанже Ахӏмадханида хъвазе ва цӏализе лъалеб буго».\nГьале гьебго газеталъул 1947 соналъул 10 апрелалда бахъараб А. Мухӏамадовалъул къокъаб «Руччабаз бацӏ чӏвана» абураб макъала: «Цӏумада районалъул Лъондода росдал Орджоникидзел цӏаралда бугеб колхозалъул колхозруччаби Сагӏидова Рахӏматицаги Мухӏа м а д о в а Патӏиматицаги колхозалъул фермаялъул бокьобе кӏанцӏараб бацӏ тӏаде нуцӏаги къан тӏохтӏасан гьеб къватӏибе кӏанцӏулеб бакӏалда хъаравуллъиги гьабун тӏилица бухун хвезабуна». Батӏи-батӏиял соназда хис-хисун батӏи-батӏиял цӏарал лъурал газетазда рахъун рукӏарал гьадинал нус-нус макъалаби гурелги, авторас гьаб тӏехьалда лъун руго кучӏдулги. Гьелъие мисаллъун дица гьанир кьолел руго Хунзахъ районалъул Уздал росулъа рагъда вугев Гӏабдуразакъов Мухӏамадица редакциялде бачӏараб кагътида рукӏарал гьадинал рагӏаби: Дун гӏадинал васал Кьалда ругелъул, Кьижун рокъов чӏезе Дидаги кӏвечӏо. Дица рагӏи кьола, Магӏарул тӏалъи, Магӏарул намусги Яхӏги цӏунизе Гьеб бахъун букӏун буго «Магӏарул большевик» газеталъул 1944 соналъул 12 июлалда къватӏибе бичча раб номералда. Тӏехьалъул 340–378-аб. гьурмазда руго редакциялда хӏалтӏулел рукӏаразул ва газеталде хъвадарулел рукӏаразул 292 чиясул хӏакъалъулъ баянал. Гьелдаса хадуб батула щибаб районалдаса, шагьаралдаса ва хӏатта республика бахун къватӏисаги газеталъул хӏаракатал мухбирзаби рехсараб халатаб сияхӏ. Гьеб буго, щибго гьоркьоб биччачӏого, сундего кӏвар кьун тӏехьалъул авторас гьабураб мухӏканаб ва гъваридаб цӏех-рехалъул хӏасил. Гьелъулъги загьирлъулеб буго гьеб ишалъулъ жиндехунго жавабчилъи П. Пайзулаевасул бугеблъи. Рачӏинин иргадулаб ункъабилеб бутӏаялъул бициналде. Гьелде гьор кьобе унеб буго «Ракӏалдещвеял» абураб тӏел. Сураталгун цадахъ тӏелалде росун руго Ахӏмад Мансуровасул, Асадула Мухӏамаевасул, Мухӏамад Шамхаловасул ва анцӏ-анцӏ цогидалги газеталда хӏалтӏаразул, мухбирзабазул, хи рияб гьоболлъун гьеб лъугьаразул ракӏалдещвеял.\nХадусеб тӏел – кучӏдул. Тӏоцебе лъун буго 1932 соналда хъвараб Цӏадаса Хӏамзатил «Газеталде хитӏаб». Гьелдаса хадубги буго хал къияв шагӏирасул ункъониги кечӏ. Хунзахъа халкъияв шагӏир, гӏемерал соназ нилъер миллияб газеталъул редакторлъун хӏалтӏарав Заид Хӏажиевасул «Гӏагараб газеталде» кочӏолъа дида кутакалда пасихӏаблъун бихьараб байбихьулаб ункъо мухъ лъолеб буго макъалаялда: Къаси рогьиналде кӏудиябги гӏун, Багӏарбакъда цадахъ уна мун бахъун. Щибаб къоялъ цӏиял куркьбалги рижун, Рорхатал мугӏрузде щола мун боржун. Кучӏдузул кӏудияб тӏелалъул тӏарамагъада кьун буго Мухӏамад Гунашевасул «Журналист» абураб кечӏ. Гьеб кочӏол тӏоцебесеб куплет ги кьолеб буго гьаниб: Хӏалтӏулъ бергьаразул хабар бицунев, Хабар дур хӏакъалъулъ къанагӏат буго. Церехъаби реццун калам гьабулев, Каламалда жанив мун дагь вукӏуна. Тӏехьалъул ахиралдехун кьун буго араб гӏасруялъул къоабилел, лъеберабилел соназда цо-цо рагӏаби, идарабазул, географиялъул бакӏазда цӏарал хъвалел рукӏараб къагӏида (гьанжеселде дандеккун). Къокъ го бицани, тӏадехун авторас рехсон бугеб къагӏида баянлъулеб словарь кьун буго ункъо гьумералда. Магӏарул миллияб газеталда хур харабщинаб гьелъул «Заманалъул матӏуялъусан» бихьизабизе авторас хӏаракат бахъун букӏиналъул бицунеб цоги хӏужалъун лъугьун буго кибниги гьечӏеб гӏадинаб гьединаб дандекквеялъулаб словарь гӏуцӏун букӏин. Тӏехьалъул ахиралда 94 гьумералда лъун руго газеталда хӏалтӏарал ва гьанже хӏалтӏулел ругел гӏадамазул суратал. Цоги нухалъ такрар гьабизе бо кьун буго Пайзула Пайзулаевас бахъараб буго цӏакъго къиматаб ва гӏемерго пайдаяб тӏехь. Дицаги ракӏракӏалъ гьарулеб буго хадувккунги гьединал тӏахьал хъвазе гьесие Аллагьас сахлъиги тавпикъги кьегиян.\nМухӏамад МУХӏАМАДОВ, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор"}
{"slug": "15100-azargo-tieg-bugo-dir-rekiel-akhik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15100-azargo-tieg-bugo-dir-rekiel-akhik", "title": "Азарго тӏегь буго дир рекӏел ахикь", "date": "2021-12-03 13:07:12", "categories": ["kultur"], "text": "Шагӏиралъул кинаб асар босаниги, гьелъ дие кӏудияб асар гьабула. Цин гьейгун елъанхъула дун, цинги гьелъул рекӏелъанго гьулчун бачӏунеб магӏугун цолъула дир магӏуги ва заманалдасан дунялги пикрабиги цӏидасан къалъун рачӏуна. Фазул асаразул героялгун гаргадула, гьезул къис- маталъулъ дирго къисматги балагьулей ятула. Зама-заманалдасан щола дун Фазухъеги, гьелъ- ул цӏар лъураб паркалдеги. Гьале дой — чӏаго йигеб мехалда дида тӏубанго йичӏчӏун яхъинчӏей шагӏир. Гьанже гьелъул шигӏрабазул гъасда къварилъахъдилей йигей. Гьаб макъалаялда бокьун буго цоги нухалда тӏад юссине шагӏиралъул магӏуялъухъе, бигъа- раб гӏомолъун жинцаго рикӏкӏунеб гьелъул къисматалъул хӏокӏазде яхине. Амма шагӏиралъул гӏумру букӏинчӏо бигъараб. Гьеб гвангъухъе буго жакъа. Гӏумруялдаса ватӏалъун хадубги дур хӏакъалъулъ цогидаз бицунеб бугони — гьеле ракьалда тарал лъалкӏазул кунчӏи. Гьеб кунчӏи дида батулеб буго Фазул щибаб асаралъулъ. Иргадулаб нухалдаги гьоболлъи балеб буго шагӏиралъул адабияталъул ахикь. Гьаб нухалдаги дун гьение уней йиго магӏугун цадахъ…\n— Аллагьас мугьру чӏван, гьунар кьуразул Гьалагаб букӏуна гӏумрудул къисмат, Къулчӏизе ккола гьез ганчӏил кьураби, Кьурабазда цадахъ зазил хъархъалги. Фазу Гӏалиева — Гӏазулаб декабралда хунздерил тӏалъиялда бижараб хӏикматаб тӏогьое кьуна гьединабго хӏикматаб цӏар — Фазу. Гӏазул хӏулабаз беэдун, гьури-цӏадалъ тӏанхал лъухьун, хасалил халатал сардазул маргьабазухъ гӏенеккун, тӏегьан бачӏараб тӏегьалъ сверухълъиялъе кьезе байбихьана хинлъи. Ва гьеб тӏогьол хинлъи батана даимаб. Гьелъул хӏасратаб кочӏол гьаракь батана хвел гьечӏеблъун. Гьале жакъаги рагӏулеб буго дида гьелъул гьаракь: — Азарго тӏегь буго дир рекӏел ахикь, Аза- азар тӏугьдул букӏдузулъ къараб. Гьезул щибалдаги, шапакъат гӏадин, Щубил гарал руго даим гиргилел. Щубгӏан рацӏцӏадалги роцӏаралги тӏугьдул рижана шагӏиралъул шигӏрабазул ахикь. Цоги нухалда гьезул бакъназухъ гӏенеккизе, дун щвана шагӏиралъул памятникалъухъе. Гьале дой — дун даим жиндир шигӏрабазухъ урхъун йикӏуней тӏадегӏанай, чӏухӏарай мугӏрул чӏужугӏадан.\nСалам, хӏурматияй Фазу Гьалеха жакъаги щвана духъе дун, тӏугьдузул квацӏиги босун. Дуде аскӏое щвезегӏан, ургъулей йикӏана, пикрабазе эркенлъиги кьун. Гӏемер жо букӏана дуе бицине. Амма дуда берчӏвайдал, пикрабиги магӏуги жубараб гӏомо гӏунун хутӏана. Цӏидасанги рагӏулеб буго дур гьаракь: — Дица, дунялалъул тӏогьийги яхун, Тӏолго гӏаламалде ахӏулеб буго: Эркенлъи зоб бугин, рекъел бакъ бугин, Рукъ-рукъалъ къадруги къабул гьабеян… Фазу Хӏамзатовна, гьалеха жакъаги дун духъе ячӏана, эбелалъул хъахӏаб шалги чӏван. Дур поэма цӏаларалдаса, дие гьеб цӏакъгоги хиралъана: — Эбелалъул шалалъгӏан, Гӏемер гӏодизайичӏо… Дагъистаналъул ясал, Нужеде дир аманат – Улбуца нахъе тарал Шалазул къимат гьабе… Халатал синсаз магӏуги бацӏцӏунаго, гӏенеккун йиго дун улбузул сариназухъ. Жакъа гьел дуца ахӏулел руго дие: — Даим гьелда букӏуна Эбелалъул хасаб махӏ, Хахараб керемалъул Рахьдадаса гӏадинаб. Щибаб шалалъул жиндирго къисматги жиндирго къисаги. Гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабулелъул, дуца Фазу, гӏуж бан тана щибаб харида. Гӏагараб тӏалъиялъул харил щибаб сумалъги ракӏалде щвезарула гьал къояз дур асарал: Огь! Жакъаги нижее къваригӏун бугеб куцха гьеб – Сабру: — Аллагь, дур цӏоб-гурхӏел кӏудияб буго, Кӏудияб сабурлъи лъималахъе кье, Сабру рекӏелъ лъурал мекъи кколаро, Мекъаб нухалъ ине риччаге дуца… Дудаго хӏанчӏолезегицин гьимиялъул къатӏраялъулъ бакӏ батарай, дур гӏумру бигъараб гӏомоялде сверизабизе хӏаракат бахъанщиназда берцинго кӏалъазегицин къуват батарай духъ урхъун унеб буго гӏумру. Гӏолел гьечӏел куцха жакъа дур дарсал. Кинха йохиларей, йохарай шагӏиралъул рекӏел кӏутӏи рагӏидалги: — Унтабаца кӏвекӏарай, Дарабаца къанцӏурай, Къватӏие яхъана дун – Дунялалъул берцинлъи! Буччараб гӏурччинлъиги, Бекӏ рагьулел тӏугьдулги, Гьелгун махсара гьабун, Басандулеб гьуриги…\nХӏурматияй Фазу! Жакъаги тӏабигӏаталъул чӏвабзаз долго саринал рачунел руго. Ялагье гьание – дуего бачӏун бугебщинаб тӏегь бихьизе. Щибаб тӏогьол тӏамачалъги жакъа Фазуйилан щурулеб буго. Гьел кӏалъалел руго дур кӏалдисан: — Аллагь, малъе гӏолезда Гӏадаталги адабги, Умумуз нилъей тарал, Тарихазул назмаби. Херазул адаб кквезе, Адабият цӏунизе, Унтаразда гурхӏизе, Рукъулезухъ гӏодизе… Дуе цӏакъго бокьулаан Дагъистан. Хӏалуцарал соназги, гӏемерисел дагъистаниязул ватӏаналде божилъи хварал лахӏзатаз, мун Дагъистаналде талихӏалъул кучӏдул хъвалей йикӏана. Дуца нижее тана кӏудияб поэзия, гьелдаго цадахъ гӏадамаздеги ватӏаналдеги хӏасратаб рокьиги: — Дуде гъураб ракӏ буго, Дуда чӏвараб мугъ буго, Аллагь, цӏуне Дагъистан, Аллагь, цӏуне Россия… Гьел руго, хӏурматияй Фазу Хӏамзатовна, дурго шигӏрабазул ахикь тӏирщарал, тӏегьарал, гӏурал тӏугьдул. Дур поэзиялъул иццалъ лъалъарал гьез жакъаги ракӏ бохизабулеб буго нижер. Ялагье цо лахӏзаталъги гьал тӏугьдузухъ. Гьезулъ буго дур суратги сипатги, дур гӏамал-хасиятги. Херлъизе рес гьечӏей дир Фазул гьаракь дандерижилъун боржун унеб буго даимлъиялде: — Дун ялагьун йиго херлъарай Фазухъ, Херлъиялъулъ бугеб борхалъиялъухъ, Беразулъ кенчӏолеб рацӏцӏалъиялъухъ, Роцӏен жеги свинчӏеб сабурлъиялъухъ… Цогиги лахӏзаталъ гӏенекке, Фазу. Гьале Мусаги тӏаде щвана, дуда байрам баркизе. Рагӏулищ досул гьаракь: — Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул… Ва дуцаги цӏидасан жаваб кьолеб буго досие: — Жакъаги мун дие хӏажат вугев куц, Хӏаладаса араб къечдай лъим гӏадин, Мун гьечӏеб дир гӏумру мукъсанаб буго, Къвалакь тӏилалги чӏван, йилълъунеб гӏадаб. Дур хабал рагӏалда гӏодойги йикӏун, Араб гӏумруялъухъ гӏенеккун йиго. Гьелъулъ бугеб бакъан къваридаб буго, Къвал цӏу-цӏун цӏатари рухӏалилъ лъолеб… Эбелалъул хъахӏаб шалалъ магӏуги бацӏцӏунаго, цоги нухалда шагӏиралда аскӏой лъалхъана дун. Нахъеги шагӏир дунгун кӏалъалей йиго: — Эбел гьардолаан, гӏодое йиччан, Гӏадамал гӏадинан кӏалъай Фазуян, Гӏодоб биччай лъачӏеб гьаб гӏумруялда Дир гӏодой йиччаялъ квелъ балеб буго…\nКъо-лъикӏ, хӏурматияй шагӏир. Жеги чанго нухалда щвела духъе. Ячӏина чанцӏулго духъе, паркалде…\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15101-millatal-ul-khasl-i-bichichiana-giadatal-ukh-roki-kkana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15101-millatal-ul-khasl-i-bichichiana-giadatal-ukh-roki-kkana", "title": "Миллаталъул хаслъи бичӏчӏана, гӏадаталъухъ рокьи ккана", "date": "2021-12-03 13:17:27", "categories": ["lit"], "text": "22-26 ноябралда Невинномысскиялъул пачалихъияб гуманитариябгун техникияб институталда тӏобитӏана «Кавказский диалог» абураб ХӀI Халкъазда гьоркьосеб гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелъул «Обрядовые традиции Северо-Кавказских народов: от предков к потомкам» абулеб секциялда манзилалъулаб форматалда гӏахьаллъана Шамил районалъул Цӏияб Гӏурада росдал С. Х. Асиятиловасул цӏаралда бугеб школалъул коллективги. Учительзабазги, цӏалдохъабазги, улбузги конференциялъул гӏахьалчагӏазда бихьизабуна «Кӏач (тӏимугъ) букъи» абулеб магӏарулазул некӏсияб гӏадат.\nМагӏаруласул гӏадатияб рокъоре кӏач букъиялъул гваялде ракӏарун ругоан гӏемерал гӏадамал. Гьидерил берцинаб ретӏел ретӏарал бихьиналги руччабиги машгъуллъун руго ругьунаб ишалде: гьез букъулеб буго, хасало квачалдаса цӏуниялъе чара гьечӏого къваригӏунеб тӏимугъ, гьидерил мацӏалда абуни, кӏач. Гьез рихьизарулел руго кӏач букъиялъул киналго бутӏаби: цоял руго тӏахьал рацӏцӏунел, кӏиабилел – тӏехь ххалел, лъабабилел – роцада борцун, тӏехь лъутӏулел, ункъабилел – букъулел, щуабилел – хӏалтӏул даражаялъул хал гьабулел. Ахиралда, цо гӏолиласда тӏадги ретӏун, цӏияб тӏимугъалъе къимат кьолеб буго киназго.\nУмумузул гӏадаталда рекъон, гваялда хӏалтӏулел чагӏазул ракӏгъеялъе васазги ясазги, хис-хисун риччалел руго бакънал, рицунел руго кепал лъугьа-бахъинал. Гваялда абулеб-бицунеб кинабго жо буго гьидерил мацӏалда. Гьебго заманалда, гьидерил мацӏ лъаларел чагӏазда бичӏчӏизелъун, экраналдасан гӏурус мацӏалда кьолеб буго кинабго лъугьа-бахъунелъул баян. Гӏадаталда рекъон, гваялъул хӏалтӏи лъугӏун хадуб, гьайгьай, букӏана квана-гьекъейги, ихтилат-кепги. Рукъ бакьулъ, горсвери гьабун, тӏансаялда тӏибитӏараб тепсиялда нахъа ракӏарана хӏалтӏун свакарал чагӏи. Тӏагӏамаб кваница чахьал рохизаридал, гьез рагьана ихтилат-кепалъул къвачӏа: рукӏана берцинал каламалги, кепал харбалги, пасихӏал тосталги, кьурдабигун кечӏ-бакъанги. Гьайгьай, киналго цадахъ рахъун, шавкъалда гьабуна гьидерил каш кьурдиги. Къокъго абуни, Цӏияб Гӏурада росдал школалъул коллективалъухъа бажарана балагьарал хӏайранлъулеб куцалда магӏарул, хасго гьидерил, гӏадаталъул тӏокӏлъиги, магӏаруласул хасияталъул камиллъиги, нилъер миллияб ратӏлил гьайбатлъиги, кьурдабазул ва кечӏ-бакъаналъул берцинлъиги, кванил гьарзалъиги бихьизабун. Регионазул анцӏабго командаялъул церерахъинал лъугӏун хадуб бицана бихьизабураб щибаб миллаталъул халкъиял гӏадатазул хаслъи-тӏокӏлъиялъул хӏакъалъулъ ва къимат кьуна коллективазул церерахъиназе. Данделъи бачуней Елена Сорокиналъ абуна, Дагъистаналъул командаялъ бихьизабураб гӏадаталда релълъараб жо жинда киданиги бихьун букӏинчӏилан. Мацӏ бичӏчӏичӏониги, гьелъул гӏахьалчагӏазул рагъа-рачариялдасан бичӏчӏанила «кӏач букъи» абулеб гӏадаталъул аслияб магӏна. «Нужер маданияталъул хаслъи лъана, гӏадаталъухъ рокьи ккана, квеш ккараб жо буго, нужеца хӏадурараб батӏи-батӏияб кванил хӏалбихьизе рес гьечӏолъи. Баркала киназего», — ян абуна гьелъ.\nЖюриялъул членазги лъикӏаб къимат кьуна нилъер командаялъе. Гьезул рукӏана гӏемерал суалалги. Масала, кӏач букъиялъул гваялда цохӏо гӏагарал чагӏийищ гӏахьаллъулел? Гьаниб бихьизабизе «кӏач букъи» абураб гӏадат нужеца тӏаса бищиялъе гӏилла щиб ккараб? Жюриялъул членазе бищунго кеп щвана «Гьидерил каш» кьурдиялъул, гьединлъидал гьеб цӏидасан такрар гьабизеги тӏамуна. Гьезда цӏакъ берцин бихьана руччабазул ратӏлил форма, хасго чаба ва гӏоркь. Гьарана гӏоркь гьабиялъул ва ретӏиналъул хӏакъалъулъ бицеян. Абуна жидер хӏацӏу чвахулеб бугила тепсиялъул бечелъиялъухъ ва гьенир ругел, кирго рихьичӏел гӏадал, батӏи-батӏиял тӏагӏамазухъ балагьун. Цӏоросаролъул хинкӏалги гьезда тӏад лъураб бакьги бихьидал, гьезухъа гьаркьалцин рорчӏана. Мугь (гьи) щиб тӏагӏам кколебали гьезда лъалебго батичӏо, гьединлъидал, телевизоралдаса лъикӏ бихьулеб куцалъ цебегӏанги босун, бицине ккана гьеб тӏагӏам гьабулеб ва кунеб къагӏида. Дагъистаналъул цӏаралдасан Россиялъул халкъалда телевизоралдасан «кӏач букъи» абулеб миллияб гӏадат бихьизабураб Цӏияб Гӏурада росдал школалъул коллективалда «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабазул рахъалдасанги баркула церерахъин.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "15102-khunzakh-a-gialikhan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15102-khunzakh-a-gialikhan", "title": "Хунзахъа Гӏалихан", "date": "2021-12-03 13:44:13", "categories": ["rel"], "text": "(Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадил биценал)\nБиценалде гьоркьобе араб гьаб лъугьа-бахъиналъе байбихьи лъураб 1843 соналда магӏаруллъиялда рукӏарал пачаясул аскарал жидерго щулияб хъала бугеб Темир-Хан-Шураялде лъутулел рукӏана. Хунзахъ, Цӏатӏанихъ, Гьоцӏалъ, Зирани хъулби рехун тана гьез. Шамил имамас Гъойсубулиялъул рахъалде наиблъун тӏамуна Гьоцӏалъа Худанатил Мухӏамад. Жиндирго тахшагьарлъун тараб Инхо росулъ букӏана гьесул чӏолеб бакӏ, канцелярия, низам цӏунизе ва рагъул ишалъе нухмалъи гьабизе муридзабазул къокъа.\nГьелда гьоркьов вукӏана гӏурус пачаясул аскаралъул рукӏинесел машгьурал рагъул начальникзаби — генерал Макъсудил ва полковник Хъайтмазил эмен Хунзахъа Гӏалихан. Жеги чӏужу-хъизан гьабичӏев Гӏалихан, балагьараб мехалъ, гӏанчӏав, таваккалав, руччаби рокьулев чи вукӏун ватизе ккола. Инхоса ясалъухъ рокьи гьабизе байбихьула гьес. Нилъеда цӏар лъаларей яс ячине, хъизан гӏуцӏизе ракӏалда букӏун батизеги бегьула гьесда, амма гьей чияе абун йикӏун ялъуни къватӏиса чиясе кьезе бокьичӏого, жидер яс Гӏалиханица толей гьечӏилан Шамил имамасде гӏарз бахъула гьелъул эбел-инсуца. Кӏиго-лъабго чӏужу ячине изну кьолев, къороллъуда руччаби толарев имамасе руччабаздехун гьабулеб кинаб бугониги хӏалихьатаб балагьи бокьулароан. Гьес нахътӏамун течӏого гӏарзаялъе хӏукму къотӏула. Ва наиб Худанатил Мухӏамадихъе кагъат хъвала. Инхвадерил жамагӏаталъул ва ясалъул эбел-инсул разилъи гьечӏолъи бихьун цо щибниги жо ккезе бегьулеблъиялда щаклъарав Гӏалихан кисан-щибдай бачӏинаян цӏодорлъи гьабун валагьун чӏун вукӏана. Имамасухъе гӏарз битӏун ун бугиланги махӏчӏван букӏун батизе ккола гьесда.\nВа гьале цо къоялъ, ракӏалдаго гьечӏого, Веденоса Худанатил Мухӏамадихъе кагъат босун вачӏунев имамасул чапар данде ккола гьесда ва сундулго хӏакъикъат лъаларев чапарасда абула кагъат жиндихъе кьуниги бегьулин, жинца кьелин наибасухъе. Икъбал бугев чи вукӏана Гӏалихан. Чапарасги божилъи гьабун кагъат кьола гьесухъе. Гьеб батула жиндихъ гьав валагьун чӏун вукӏараб кагъат. Гӏалиханида дагьа-макъаб гӏараб мацӏ бичӏчӏулаан. Ва гьале гьес чиясда вихьуларедухъ рокъовги вахчун, кагъат битӏизабула. Къокъаб, чанго предложениялдасан данде гьабураб гьелда хъван батула Гӏалиханица чӏвазе гӏураб такъсир гьабун бугилан. Гьесдайин абуни гьеб бичӏчӏула чӏвайин абун хъван бугеблъун. Гьев виххула. Ресги букӏаго чӏвазе чи чӏелищха, циндаго хӏукму гьабула гӏурусазухъе лъутизе ва наибги цогидал гӏадамалги тохлъарабго Хӏаригабурлъухъан Индираялда аскӏоб бугеб гӏурусазул хъалаялде лъутула. Имамасул кагъатин абуни, пропуск гӏадин цадахъ босула, цинги каранда кисинибги лъун гӏумруялъго цӏунула. Гьедин лъутичӏого цоги батӏияб жо гьабизеги бегьилаан Гӏалиханица, амма ханзабазул тахшагьарлъун букӏараб Хунзахъ гьавурав ва гӏурав гьев гӏурусалгун гӏемер дандчӏвалаан. Щиб лъалеб, гьезул мацӏцин лъалеб букӏун батизе бегьула. Ва гьезул гӏамал-хасият, гьез ханзабиги рагӏи билълъунел гӏадамалги жидедего руссинаризе бахъулеб жигар, кьолел сайгъатал ва гьезул кверзул гӏатӏилъи лъалаан гьесда. Гьединго гьесда лъалаан имамасул аскараздаги яги хъулухъалдаса лъутун вачӏарав щивав чи гьез разиго къабул гьавизе вукӏинги. Ва хӏакъикъаталдаги кинабго ккана бищунго гьесие санагӏатаб хӏалалъ. Пачаясул администрациялъ гьев лъикӏ къабул гьавуна, цӏализе витӏана, офицерлъун вахъана. Жиндирго къимат гьабизабизе лъалев ва цӏар бокьулев, цӏодорав ва гьунар бугев гьесги живго киса-кивего бищунго лъикӏаб рахъалъан вихьизавуна, гӏурусазда гъорлъ адаб-хӏурматалда вукӏана. Гьелъие нугӏлъи гьабуларищха гьесулги гьесул лъималазулги тӏолабго гӏумруялъул тарихалъги, гьелдаго цадахъ, балагьараб мехалъ, гьесда живго лъутиги чӏваян бачӏараб каранда чвантиниб лъун нахъе цӏунун бугеб кагъатги, киданиги кӏочон толароан.\nХадуб кинабго гьелъул магӏна бичӏчӏараб мехалъ намусалъ рахӏатги толароан гьесие. Кин гьеб букӏараб батаниги, лъикӏги квешги, тӏаде щвана Шамил имамас гӏурусазде дандечӏей къотӏизабураб 1859 соналъул август. Гьеб заманалде гьев, биценалда рекъон, полковникасул чиналдеги вахун, гӏурус армиялда гъорлъ имамасде данде вагъулев вукӏана. Нахъе хутӏун ругел биценаз бихьизабула Шамил имамасдаги Гӏалиханги гьесул ишалги лъалел рукӏараблъи. Дагьабниги иш бажарулев гӏурусазда гъорлъ вугев магӏаруласда хадуб имамасул рахъалъан хъаравуллъи букӏунаан. Амма гьениб буго цо гьадинаб жо – щаялиго имамасул ццин букӏинчӏо Гӏалиханиде, лъугьарабщиналъул хӏакъикъат лъалеб букӏун буго Шамилида. Гьеб нилъеда бихьула хадусел лъугьа-бахъиназдасан. Гъуниб магӏарда сверун ккун вугев имамасдаса пачаясул аскараз кверде вачӏин тӏалаб гьабулеб букӏана. Зама-заманалдасан хъахӏаб байрахъги борхун, цадахъ гӏурусазул кинав вугониги рагъул начальникгун, кӏиго-лъабго рагӏи билълъарал магӏарулалги рачун, полковник Лазарев вачӏунаан имамасухъе кверде вачӏайилан гьаризе. 14 августалдаго байбихьарал гьел гара-чӏвариял халат рахъана ахирисеб къоялде, ай 25 августалде щвезегӏан. Имам щакдарилев вукӏана. Цӏакъго гьесде гӏагарал муридзабазе хутӏизегӏан халкъалда рагъ чӏалгӏун букӏана — гьитӏинаб жойищха бугеб 30 соналъ рагъана магӏарулал пачаясда данде. Имамасе бокьунги букӏана рагъ къотӏизе тезе ва гьебго заманалда бокьулебги букӏинчӏо. Гьайгьай, гьесие ургъел букӏана кверде ани жиндиргоги хъизамалъулги щибдай ккелаян абун. Гьадинго, рагъги къотӏизе тун, имамги гьесул хъизанги Гӏарабустаналъул рахъалде риччазе гӏурусаз инкар гьабуна. Цо нухалъ кверде вачӏайин, дуе щибниги гьабизе гьечӏин гӏурусазилан абизе гьесухъе, гӏурусазул делегациягун цадахъ, витӏун вачӏана Илисуялъул Даниялбекги. Цӏалдолезда ракӏалде щвезабизин — гьев вукӏана Шамил имамас божилъи гьабулев, амма хадув гӏурусазул рахъалде лъутун арав наиб. Имамасул цересел гӏадамаз гьесухъеги виччачӏого нахъе хъамуна гьев. Гьеб мехалъ ракӏалде щун ватизеги бегьула имамасда Гӏалихан, хадусеб нухалъ гара-чӏвари гьабизе полковник Лазарев вачӏараб мехалъ, гьес гьесда гьарана нужер аскаразда гъорлъ вугев Гӏалихан абурав полковник вихьизе бокьилаанин абун. Лазаревасда магӏарул мацӏ лъалаан. Гьес рагӏи кьола щолеб бакӏалда полковник Гӏалихан ватани имамасухъе вачине.\nВа гьале, хадусеб нухалъ Лазаревас имамасда аскӏове вачун вачӏана полковник Гӏалихан. Хъваш-баш гьабун хадуб, Шамилица Лазаревасда абуна жал кӏалъай гьабизе аскӏор теян. Лазарев нахъе ана. Гьеб мехалъ имамас Гӏалиханида абунила, дун кверде вачӏани щиб гьабизе гӏурусазда ракӏалда бугебали бицейин? Дир тӏокӏав гьеб гьикъизе чиги гьечӏин. Гӏалиханида Барятинскиясул киналго планал лъалаан, гьесда дандбан, бицун букӏун батила имамасул къисмат кинаб букӏине бугебали. Гьединлъидал гьес жиндаго лъалебги, рагӏарабги, гьелъул хӏакъалъулъ жиндирго пикруги бицана имамасда. — Пачаясул амруялдалъун гьезда ракӏалда буго мун асирги гьавун, хӏурматияб къагӏидаялъ, хъизанлъималгун цадахъ гӏурус ракьалде витӏизе ва гьенив парахатго гӏумру гьабизе тезе. Хадуб кколеб жо дида лъаларо, — ян абула гьес. — Гьедин гьабиладайха гьез, — анги гьикъана имамас ракӏчӏеялъе. — Дида гьедун абизе кӏвела, гьедин гьабизе буго, — илан абула Гӏалиханицаги. — Баркала дуе, ине бегьула, — ян абула имамасги. Амма Гӏалихан, каранда чвантиниса кагътил кесек къватӏибе бахъулаго, дагьав лъалхъанила.\nВа гьебги битӏизабун, намуслъунги вахъун, тӏаса лъугьин тӏалаб гьабулеб гӏадин имамасухъе бегьанила. — Гьаб кагъат сабаблъун лъутун вукӏана имам дун гӏурусазухъе, гьале 17 соналъ нахъе цӏунун букӏана. Бихьуларищха къисматалъ дандчӏвазе хъван рукӏун ругеб куц. Имамас кагъат цӏаланила, чӏвазе бегьулеб жо гьабун бугин хъван бугоха гьаниб, чӏваян абун гьечӏоян имамасги абунила. Палхӏасил, къолъикӏги гьабун, гьев Лазаревасда аскӏове анила. Чанго къоялдаса хадуб имамас кверде ине хӏукму гьабуна.\n(Тӏадехун бицараб лъугьа-бахъиналъул рехсей гьечӏо я П. Павленкол «Шамил», я М. Ибрагьимовалъул «Имам Шамил» абурал тӏахьазда)."}
{"slug": "15189-dag-istanalda-smiyazul-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15189-dag-istanalda-smiyazul-forum", "title": "Дагъистаналда — СМИязул форум", "date": "2021-12-10 06:01:57", "categories": ["obshestvo"], "text": "9-11 декабралда Махӏачхъалаялъул «Россия – дир тарих» абураб тарихияб парк-музеялда букӏине буго «Тарихазулаб цӏияб хӏакъикъаталъул заманалда регионалиял СМИ: цебетӏеялъул нухал» абураб темаялда рекъон гӏуцӏараб медиа-форум.\nФорум гӏуцӏулеб буго ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ. Гьелда бицине буго тарихазулал технологиязул заманалда регионалиял СМИязда церечӏарал аслиял масъалабазул хӏакъалъулъ.\nФорумалъул къоязда журналистазул суалазе жавабал кьезе руго ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас. Гьединго тӏоритӏизе руго Россиялъул миллияб тӏехьалъул тӏоцебесеб фестивальги «Тарки—Тау» абураб тӏахьазул ярмаркаги.\nСМИязул форум байбихьизе буго ичӏабилеб декабралда сагӏат анцӏгоялде бащдаб хӏалтӏараб мехалда. Гьалбал дандчӏвазе руго презентациял гьарулеб зонаялда Дагъистаналъул пачалихъияб филармониялъул квартеталъ рачунел бакъназда гъоркь.\nФорумалда гӏахьаллъизе руго республикаялъул министерствабазулгун ведомствабазул вакилзаби гурелги, Россиялъул батӏи—батӏиял идарабазул нухмалъулелги. Масала, журналистазде хитӏаб гьабила Россиялъул книгоиздателазул ассоциациялъул президент Константин Чеченевас ва Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Николай Ивановас. Цӏиял харбазул хӏакъалъулъ макъалаби хъвалаго, этика цӏуниялъул хӏакъалъулъ докладгун кӏалъазе вуго ТАССалъул генералияв директорасул заместитель Михаил Калмыков. «Россия жакъа» абураб МИАялъул бетӏерав редакторасул заместитель Наталья Лосевалъ бихьизабизе буго мастер—класс.\nБукӏине буго миллиял газетаздагун журналазда хӏалтӏулел журналистазе кумекалъе гӏуцӏулеб «гургинаб столги». Гьеб нухда бачине буго ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиевасги ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловасги. Гьелда гӏахьаллъизе руго Журналистазул союзазул председателалги миллиял СМИязул редакторзабиги.\nКин хӏадурилел федералиял СМИязда берцин рихьулел регионалиял цӏиял харбал? Гьеб суалалъе жаваб батила ТАССалъул бетӏерав редакторасул тӏоцеесей заместитель Лана Самариналъги ТАССалъул регионалияб хъулухъалъул нухмалъулев Андрей Цициновасулги мастер-классазул гӏахьалчагӏазда.\n«Тарихазулаб хӏакъикъаталъул заманалда СМИязул букӏинесеб. Федералияб ва регионалияб аспект» абураб темаялда бахӏсал гӏуцӏизе руго «Интерфаксалъул» Генералияв директорасул заместитель Михаил Кетькол нухмалъиялда гъоркь."}
{"slug": "15190-qr-kodazul-san-gabuleb-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15190-qr-kodazul-san-gabuleb-gechio", "title": "QR-кодазул сан гьабулеб гьечӏо", "date": "2021-12-10 06:04:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Талат къоялъ республикаялъул хӏукуматалда тӏобитӏана коронавирус тӏибитӏунгутӏизелъун гӏуцӏараб оперативияб штабалъул данделъи.\nДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, вирусалъ унтарал чагӏи дагьлъулел руго республикаялда. Амма букӏаниги, сахлъулездасаги цӏикӏкӏараб буго гьабсагӏаталда унтаразул къадар.\nРоссиялда «Омикрон» абулеб цӏияб штаммги тӏатун бугелъул, гьелдаса цӏуниялъе цӏодорлъи гьабизе ккелинги лъазабуна гьениб. Гьединго данделъиялда бицана вирус бахун бугищали лъазе, араб анкьалда тестазул кумекалдалъун 66 493 цӏех-рех гьабунинги. Тестал дагь гьарурал бакӏазда гъорлъ рехсана Цӏунтӏа, Хьаргаби, Лак, Гъуниб, Гумбет, Гӏахъуша районал ва Дербент, Каспийск, Избербаш шагьарал.\nЖакъа къоялде вакцина гьабуразул къадар бахун буго 685 азарго чиясде. Хасго гьел гӏемер руго Гумбет (81,2 процент), Хив (88,7), Догъузпара (82,1) районазда.\nКвана-гьекъолел бакӏазде QR-кодал рихьизарун гурони гӏадамал риччагеян лъазабуниги, кафе-рестораназул, тукабазул 80 проценталъниги гьел гьукъа-къаязул сан гьабулеб гьечӏо. Масала, Сергей Меликовас рехсана гьадинал тукаби: «Арбат-Медиа», «Европейский», «Этажи», «Ардар», «Киргу», «ГУМ», «Вегас», «Апельсин», «Москва», «Ильхан», «М-Шат», «Импульс», «05ру» ва «Зеленое яблоко»."}
{"slug": "15191-majning-tsiogalishch-yagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15191-majning-tsiogalishch-yagi", "title": "Майнинг — цӏогьалищ яги…", "date": "2021-12-10 06:05:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Яхӏ гьечӏел майнераз исана сон байбихьаралдаса Дагъистаналда бикъун буго токалъул 41 млн. кВт/ч. Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Гъуниб ГЭСалъ хӏадурулеб электроэнергиялда бащадаб къадар ккола гьеб. Гьадингоги больницабаздегун ясли-ахазде, школазде кьезе ток гӏоларого ругеб мехалда, цо хасал чагӏаз жидеего тӏокӏ гьабулеб буго жамагӏаталъул хазиналъун кколел ресурсал». Гьедин лъазабуна ТЭКалъул рахъалъ идарабазда гьоркьоб гӏуцӏараб комиссиялъул данделъиялда.\nМагӏишат гьабиялъул цӏияб къагӏида баккун буго Дагъистаналда. Гьелда цӏарги ккола майнинг, ай токги бикъун, криптовалюта (электронияб гӏарац) гьабулеб къагӏида. Гьеб ток бикъизе къайи-къоно лъураб бакӏалдаги майнинг-фермайилан абула.\nГьеб рахъалъ нилъер республика СКФОялда тӏоцебесеб бакӏалде бачӏун буго. Щайгурелъул исана араб анцӏго моцӏида жаниб тӏатинабун буго Махӏачхъалаялда, Сулейман-Стӏал, Гъарабудагъкент, Мухӏарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.\nГьалщинал ГЭСал ругеб республикаялда зама-заманалдасан росабалъги шагьараздаги ток ссунеб къагӏида бичӏчӏуларого рукӏуна гӏадамал. Майнинг-цӏогьаз ток бикъулеб букӏиналъул хӏасил букӏинеги рес буго гьеб.\nЦӏогь гьабиялъул цӏияб къагӏида бугелъул, Россиялда жеги рагӏа-ракьанде щун ургъун гьечӏо майнинг-чагӏазе гьабулеб тамихӏ. Амма гьеб гьабизе бегьула ток бикъарал чагӏазда тӏад лъолеб гӏакӏа хӏисабалда яги кӏиго соналъ туснахъалда тӏами гӏадин.\nЧанго къоялъ цебе Шамилхъалаялда батана рехун тараб бакӏалда жаниб лъураб токалъул къайи. Унсоколо райадминистрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьеб бакӏ ккола майнинг-ферма. Къотӏун руго гьенире рачун рукӏарал токалъул кваралги, гьединго гьелъул бетӏергьан щивали лъазабизе гьабулеб буго цӏех-рехги.\nГьединаб лъабго ферма Болъихъ росдал рагӏалдаги батана. Гьеб районалъул администрациялдаса щварал баяназда рекъон, гьелъул бетӏергьан Дахадаев районалдаса чи вукӏиналда щаклъи ккун буго цӏех-рехчагӏазул. Амма Болъихъаго чиясул кумек гьечӏого, чияр районалдеги вачӏун, жинцаго гьединаб цӏогь гьабизе лъугьинароанин гьев абураб пикруги буго администрациялъул хӏалтӏухъабазул.\n«Энергосбыталъул» Болъихъ районалда бугеб отделалъул начальник Тулпар Рамазановас бицана Дахадаев районалдаса чияс Болъихъ ижараялъе ракьги босун, цебе шлакоблокал гьарулел рукӏараб цехалда жанир лъун ратанила майнингал. Амма гьеб бакӏалъул хважаинас абулеб бугила жинда гьеб лъалароанин абун. Гьениб бухӏараб токалъухъ гӏарацги босулеб букӏун буго шлакоблокал режулеб мехалдаго гьениб лъураб счетчикалда рекъон.\n«Цо ферма хӏалтӏун буго анкьалъ. Гьениб бухӏун батана 140 азарго гъурщиде ток. Лъабго къоялъ гурони хӏалтӏичӏеб цогидаб фермаялда бухӏун буго 36 азарго гъурщиде ток. Битӏун бицани, бухӏараб токалъухъ гӏарац кьолеб бугони, гьеб цӏогьлъун рикӏкӏине бегьуларо. Нижее гӏезегӏан хайир щолев клиент ккола гьев. Амма ток бикъулеб бугони, гьеб батӏияб жо буго. Бикъун батаниги, счетчикалъухъги хал гьабун, гьеб бецӏизеги тӏамулелъул гьел.\nГьединго нижеда дандги бан лъолел ругони майнинг-фермаби, гӏадамаз гӏумру гьабулел бакӏаздаса рикӏкӏад лъеян абилаан. Гурони, гьез токалъул кваразде хӏалккезабизе бегьула. Жидерго фидерги трансформаторги лъуни, гьез хӏалтӏизабизе бегьула жидеего къваригӏарабгӏан электроэнергия. Гьелъухъ энергетиказе лъикӏаб гӏарацги щола», -ян бицана Т. Рамазановас.\n«Россетазул» хӏалтӏухъабазги бицана майнинг-фермаби рагьулел чагӏаз, пачалихъалъе букӏине кколеб магъалоги кьун, гьеб хӏалтӏи тӏатун гьабулебани, бюджеталъе гӏезегӏан хайир ккелаанин абун."}
{"slug": "15192-akhii-baze-kkarab-khial-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15192-akhii-baze-kkarab-khial-bugo", "title": "Ахӏи базе ккараб хӏал буго", "date": "2021-12-10 06:07:17", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Анлъабилеб декабралда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде рачӏун рукӏана республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев (УФПС) Махӏач Мухӏамадовги гьесул заместитель Ангелина Акбулатоваги.\nМиллиял мацӏазда риччалел газетазе гьабулеб подпискаялъул къадар цӏакъго гӏодобе ккун букӏиналда бан, гьелда сверухъ гьабсагӏат бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине рачӏун рукӏана гьел.\nМисалалъе босани, миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарулазул аслияб басма — «Хӏакъикъат» газеталъе гьабсагӏат гьабураб подписка бахун гьечӏо 1000 экземпляралдецин. Гьеб цӏикӏкӏиналъе щиб гьабизе бегьулеб? Кинал ресал ругел жакъа гьелъие? Гӏага-шагарго гьединаб магӏнаялъул суалал дандрана редакциялда букӏараб данделъиялда.\nГьабсагӏаталда подпискаялда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицана бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Зикрула Ильясовас.\nХӏакъикъаталдаги цӏакъ хъарцинаб хӏал рещтӏун бугин жакъа миллиял газетаздеян абуна почалъул нухмалъулесул заместитель Ангелина Акбулатовалъ.\n-Гаджетазги социалиял гьиназги махсараде ккун, щибаб секундалда гьениб цӏилъулеб информациялде гӏейги гьабун чӏани, бищунго бергьунин жалин ккун батани жакъа гӏемерисезда, гьел мекъи руго.\nАмма дица кигӏан церетӏурал IT-технологиязухъ хисиларо бухӏилаго, хинлъилаго бачӏунеб цӏияб газеталдаса букӏунеб махӏги, гьениб хъвараб—таралъ гьабулеб асарги.\nБалъгояб жо гуро, газетазул подписка цӏикӏкӏанагӏан, лъикӏлъула нижер хъулухъалъул материалиябгун техникияб базаги, цӏикӏкӏуна щолеб хайирги, хӏалтӏухъабазул моцӏрол харжалги. Гьединлъидал нилъее кӏиязего гӏахьалаб къварилъи буго жакъа газеталъул подписка нахъеккун букӏин. Гьеб борхизаби буго кӏиязулго гӏаммаб масъала, ай газеталъулги почалъулги хӏалтӏухъабазул.\nГьеб бакӏалда УФПСалъул вакилзабазе суал кьуна газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас -цо газеталъе гьабураб подпискаялдаса нужее щолеб хайирги редакциялъе щолелдаса цӏикӏкӏун букӏаго, щайин ресал ратуларел почтальоназе харжал цӏикӏкӏинаризеян.\nГазетал жиндир заманалда щай гӏадамазухъе щвезаруларелин гьикъидал, росабалъ ругел почалъул хӏалтӏухъабаз абула 4000 гъурущ моцӏрол харжги букӏаго, щивав чисухъе рокъоре хьвадизе жидерги гъира букӏунарилан.\nГьелъие жаваб кьуна республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев Махӏач Мухӏамадовас.\n-Поч бикьулел чагӏазе харжал цӏикӏкӏинаризе тӏоцебе бокьарав чи вуго дунги. Амма нижер «кверал рухьун ругин» абизе бегьила Дагъистаналъул почалъул хъулухъ РФялъул УФПСалъул филиал букӏиналъ. Москваялъ гьабураб гурони, нижго лъикӏал лъугьун цониги хӏукму къотӏизе ихтиярги нижер гьечӏо.\nБитӏараб буго, цӏакъго мукъсанаб гурони щоларо жакъа поч бикьулел чагӏазе моцӏалъе харж. Захӏматал шартӏазда хӏалтӏизе кколел руго гьел, гьелде тӏаде рикӏкӏадал магӏарул росабалъ почалъул минаби руго басралъун, къадал руго загӏиплъун. Гьениб гьечӏо хӏажатаб къайи—цӏа, сурсат ва цогидабги. Гьеб кинабго рукӏалиде бачӏинабизе ккани, миллионалцин гуреб, миллиардал гӏарац хӏажалъула. Кинабго бан хутӏун буго гӏарцул сурсаталда.\nНужеда кколеб батани, дун радалиса хӏалтӏудеги вилълъун, рихьдае хъулухъги тӏубазабун, гӏарацги босун вугилан, гьечӏо, гьудулзаби. Гӏемераб жавабчилъи буго дида тӏадеги бегун. Щибаб къоялъин абиларо, амма гьоркьоса къотӏичӏого тӏоритӏула данделъаби, бичӏчӏизабула щивасда, подпискаялъул иш роцӏинабизе нилъеца гъеж гуризе кколин, гьеб бугин нилъерги газета гьабулел чагӏазулги гӏаммаб хинкӏ. Кӏвараб яхӏ бахъулеб буго нижецаги, амма гьеб хӏаракаталъул хӏасил цо нилъ рохилеб гӏадаб гьечӏоха. Бичӏчӏизабизе къваригӏун буго гӏадамазда, миллияб газеталъул къадар гӏодобе ккани, гьелъул иш лъугӏулеблъи, букӏинесеб гьелъул гьечӏеблъи. Гьелдаго цадахъ нилъер гӏаммаб маданияталъулги, рахьдал мацӏалъулги, адабияталъулги букӏинесеб ракьулъ тӏупулеблъи.\nМиллияб газета кидаго букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалъе нилъер эбелаб рахьдал мацӏалъул пасихӏлъиги гъварилъиги тӏокӏкӏун рагьулеб иццлъун. Миллиял мацӏазда рахъулел цогидал басмабазда цадахъ газеталъ кидаго борхана кӏвар бугеб масъала: гӏун бачӏунеб гӏелалъе нилъерго болмацӏ цӏунизе, гьеб бечед гьабизе. Жакъа газета цӏалулев чи щив вукӏуневинги абун, тӏаса—масаго, ургъичӏого гьабураб каламалъ нилъее зарал гьабизе буго. Гьединлъидал кӏвараб яхӏ бахъизе ккола нилъеца, -ян абуна Махӏач Мухӏамадовас.\nГьединаб букӏана итни къоялъ редакциялда тӏобитӏараб данделъи.\nПодпискаялъул компания лъугӏула гьаб моцӏрол ахиралда, 28 декабралда. Гьединлъидал редакциялъул хӏалтӏухъабаз ахӏи балеб буго миллатцоязде.\nХъвай нилъерго гӏагараб ва рекӏел гьудуллъун кидаго букӏараб басма «Хӏакъикъат»!\nНусго соналдаса цӏикӏкӏун тарих нахъа тараб газеталдехун гьадинаб агъаз гьечӏеб бербалагьи букӏине бегьиларо. Бащдаб лъагӏалие газета хъваралъухъ унеб анлънусгоялде гӏагарун гъурущ, жакъасеб роценалда рекъон балагьани, кӏудияб жо гуро. Нужго гьеб цӏализе гьедигӏанго кӏвахӏаллъунги чӏухӏунги ратани, хъвалесе сайигъатлъун букӏинегӏаги гьабе подписка. Гьабе нужецаги гьединаб сайигъат.\nЦӏакъ къадру бугел умумул рукӏана нилъер. Гьез тӏаса мицӏир камизе течӏого, камил гьабун, нахъе цӏунун щвана нилъехъе рахьдал мацӏ, болмацӏ. Болмацӏалда гьарурал кучӏдул ахӏана некӏо бертабалъги, гьеб мацӏалда гьабураб шигӏру щурулаан инсуца тӏоцеве гьавурав васасде, кинидахъ гьеб мацӏалда ахӏарал кучӏдуз ахх бачана дуеги дур эбел—инсуеги.\nГьеб мацӏ цӏунулеб вакиллъун, божарав гьобол—гьудуллъун букӏана жакъа къоялде щвезегӏанги гьабсагӏат дуца кодоб ккун бугеб магӏарул газета. Гьалдаса хадубги, дуцаги цогидазги гьеб гьединго кодоб кквезе бокьун буго нижее.\nГазеталде мугъ рехун нилъ чӏани, миллаталъул аслу билула, лъималазда магӏарул мацӏ тӏубанго кӏочона. Магӏаруллъиялъул махӏги рухӏги хьуцӏилъе тӏагӏун иналда хӏинкъи буго гьеб мехалъ. Гьебищха нилъер киназулго мурад букӏараб!?"}
{"slug": "15197-zalmul-sarinazul-chvakheloyal-uk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15197-zalmul-sarinazul-chvakheloyal-uk", "title": "Залмул сариназул чвахелоялъукь", "date": "2021-12-10 06:15:01", "categories": ["kultur"], "text": "Кечӏ дихъе бачӏана эмен къанщидал,\nКъвал цӏун ургъелазул гьиралги раччун.\nДида аскӏоб чӏана, эбел холелъул,\nЧвахун унеб магӏил гӏор тӏобитӏизе.\nКечӏ дихъе бачӏана кинида лъураб\nЛъимералде тӏаде къулараб мехалъ.\nКъваридал, пашманал, гӏумру бигъарал,\nГӏадамаца асар гьабураб мехалъ.\nЗалму Батирова. Магӏарул шагӏир. Гьелъул сариназул тӏамуралъ бачунеб бакъан щивасул рекӏелъе бортула. Бокьула, кинабгоги кӏочон тун, гьелъул чвахиялъухъ гӏенеккизе. Гьенисан рагӏула Махӏмудил хӏасратал, пашманал кочӏол бакънал, цее тӏамула гӏашикъго гьел бакъназухъ гӏенеккарай Муи, бихьула Хӏажимурадил бахӏарчияб тӏабигӏатги. Залмуца жиндирго асаразулъ цӏалдолезе рагьула унго-унгояй магӏарулалъул жанисеб дунялалъул цо-цо балъголъаби. Шагӏиралъул ракӏ унтун буго Дагъистаналъул къисматалда ва жакъасеб къоялъ дандчӏвалел ругел гӏузрабаздаги гӏунгутӏабаздаги.\nЗалму Батировалъул асараз жакъа кьерхараб дунялалда халкъалъе кьола гвангъиги кунчӏиги. Гьелъул сариназул чвахело чвахулеб буго магӏарул халкъалъухъе ва гьезиеги гьеб буго гьекъон къеч хьвалареб лъимлъун.\nЛъабабилеб декабралда Залмуца жиндирго творчество бокьулел нахъеги данде гьаруна нилъер миллияб гъасда -Авар театралда.\nТадбир рагьана Авар театралъул артистаз. Гьез цӏалана Залму Батировалде гьарурал кучӏдул.\nЦинги цее ячӏана Залму. Жиндир кочӏол гъасде гьоболлъухъ рачӏаразе саламги кьун, гьелъ гьабуна гьадинаб калам:\n-Хириял магӏарулал! Нужехъе ячӏунаго, дица нахъа тана халатаб гӏумрудул нух. Дун йиго рагъул соназул лъимер. Дир букӏана пашманаб ва захӏматаб лъимерлъи. Росулъ магӏирукъ гурого, бертин букӏинчӏо, къватӏал цӏун рукӏана чӏегӏер барал улбузги лъудбузги ва бесдалго хутӏарал лъималаз. Хадуб —бица белъараб, магӏица чурараб бергьенлъи. Бергьенлъи щвараб къоялъги гӏодулел гӏемер рукӏана рохулездаса. Хадуб школа, институт, школалда хӏалтӏи. Школалда ана дир бищунго талихӏал сонал. Ватӏан букӏана тӏегьан. Амма, 90—абилел соназ, гьеб кинабго щущазабуна. Гьеб букӏана дир гӏумруялъе бищун кӏудияб захӏмалъи. Амма, кидаго цого хӏал букӏунаро, дагь—дагьккун улкаялъ бетӏер эхеде борхизе байбихьана. Арал соназ тана нилъее кӏиго жо: лъикӏлъиги квешлъиги. Гьеб кӏиялъулго бергьенлъи бараб буго нилъедаго. Нилъеда тӏадаб буго нилъерго гъасда цӏаги, миллиял мацӏалги, лъикӏал гӏадаталги, гӏамал—хасиятги, тарихги цӏунизе.\nМун, хъущтӏун аниги, гӏодоб ккун гьечӏо,\nГӏедегӏе, Дагъистан, тӏаде борхизе.\nДагьаб тараниги, тӏагъур бортичӏо,\nЧӏухӏун балагье мун дуниялалъухъ.\nЗалму Батировалда байрам баркун кӏалъана ДРялъул культураялъул министрасул заместитель Мурад Хӏажиев, Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановасул заместитель Шамхалдибир Гӏисаев, профессор, Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор Мурад Ахӏмадов, Авар театралъул нухмалъулев Мухӏамад Бисавгӏалиев, таржамачи Ибрагьим Стамбульский, Хунзахъ районалъул нухмалъулесул заместитель Асадгӏали Гӏабдуразакъов ва цогидалги.\nС. Гӏумахановасул рахъалдасан Ш. Гӏисаевас Дагъистаналъул халкъалъе гьабураб хасаб хъулухъалъухъ З. Батировалъе кьуна Шамил имамасул цӏаралда бугеб орден.\nРоссиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хӏукмуялда рекъон, Залму Батировалъе, улкаялъул адабият цебетӏезабиялъе гьабураб хӏалтӏухъ Бунинил цӏаралда бугеб медаль кьуна Мурад Ахӏмадовас.\n-Залмул щибаб гали, рагӏи, гьабулеб иш буго гӏакъилаб, цӏодораб, гӏадамазе пайда бугеб. Гьелъул пикруги ургъелги щвечӏеб нилъер миллаталда хурхараб суал цониги гьечӏо. Гьелъул асаразулъ нилъеда ратула бечедаб тарихги, бахӏарчиял умумузул къисматалги, жакъасеб къоялъул хӏакъикъатги. Залму, дуца нахъа тун буго берцинаб, магӏнаяб гӏумру. Мун гӏадан ва шагӏир хӏисабалда кӏудияб борхалъуде яхана. Амма дур бищун лъикӏал асараллъун дица рикӏкӏуна магӏарул намус-яхӏги гӏаданлъиги чорхолъ бессарал дур васал. Дудаса чӏухӏула Хунзахъ районги, магӏаруллъги, Дагъистанги, -ян абуна Хъвадарухъабазул союзалъул цӏаралдасан кӏалъазе вахъарав Ибрагьимил Мухӏамадица.\nЗалмул творчествоялъе лъикӏаб къимат кьуна М. Бисавгӏалиевасги:\n-Хунзахъ районалъ нилъее кьуна гӏемерал камилал рагӏул устарзаби. Нужецаго халгьабе, чанго гӏасрабаз цере ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хъварал пасихӏал фольклориял асаразухъ, масала, Бахтикаде, Гӏумма-ханасде гьарурал кучӏдул. Хадур Чӏанкӏаги, Хӏамзатги, Расулги, Фазуги, Сулимановги, Гӏабасилавги ва гӏемерал анцӏ-анцӏ лъикӏал шагӏирзабиги хъвадарухъабиги. Гьезул кьеразулъе жиндирго гьаракьгун, пасихӏлъигун, жиндиего хасиятаб хатӏгун ячӏана Залму Батирова.\nБигьаяб жо гуро гъваридал, пасихӏал рагӏул устарзабазул Ватӏаналдасаги ячӏун, шигӏрияб дунялалда хасаб бакӏ кквезе. Амма Залмуца авар адабияталда кколеб бакӏ кӏудияб ва гвангъараб буго.\nСоветияб заманалда, Расулица абухъе, шагӏирзабазе мухъазухъ мугьал кьолел рукӏарал ратани, Залмул гьаракь аслияб къагӏидаялъ рагӏана гьел тарал, 90-абилел соназда. Батировалъ хъвана гъваридал, пасихӏал, щвалде щварал кучӏдулги, поэмабиги, прозабиги, драмабиги, публицистикиял асаралги.\nТаржамачи Ибрагьим Стамбульскияс цӏалана гӏурус мацӏалдаса гӏараб мацӏалде жинцаго буссинабураб Залму Батировалъул кечӏ. Гьес бицана гьеб кечӏ Сириялъул хъвадарухъабазул гӏуцӏиялъ къватӏибе биччалеб “Дунялалъул литература” абураб мажмугӏалда бахъун бугинги.\nАвар театралъул артистаз бихьизабуна ДРялъул халкъияй артистка Наира Хӏабибулаевалъ Залмул асараздасан гӏуцӏараб литературиябгун музыкалияб композиция. Балагьаразе цӏакъ асар гьабуна Мухӏамад Дудуевас, Амина Гӏабдулатӏиповалъ, Хӏайбула Хасаевас, Мухӏамад Нухӏовас рекӏелъе рортиледухъ цӏаларал кучӏдуз.\nЗалмул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Дагъистаналъул халкъиял артистал Хадижат Жамалудиновалъ, Гӏабдула Мухӏамадмирзаевас, Патӏимат Хӏажиевалъ, ДРялъул мустахӏикъал артистал Хӏамзалав Хӏамзаловас, Гӏайшат Тажудиновалъ, Шумайсат Гӏабдулаевалъ, гӏолохъанал кочӏохъаби Салим Камиловас ва Рамазан Гӏабдулгъаниевас.\nШагӏиралда юбилей баркизе авар мацӏалъул мугӏалим Патӏимат Хӏайдарбеговалъул нухмалъиялда гъоркь рачӏун рукӏана Махӏачхъалаялъул №35 гимназиялъул цӏалдохъабиги. Кӏарчамал гьез гьуинго цӏалулел шагӏиралъул кучӏдуз асар гьабичӏев чиги залалда хутӏун ватиларо.\nТадбир берцин гьабуна “Кочӏолаб Чӏарада” бихьиназул хоралъул гӏахьалчагӏазул церерахъиналъги “Лезгинка” ансамблялъул студия-школалъул цӏалдохъабазул миллияб кьурдуцаги.\nТадбиралъе ахир лъуна жийго юбиляралъул каламалъ.\nЗ. Батировалъ кӏудияб баркала кьуна, гьаб захӏматаб заманалъухъ балагьичӏого, жийги кӏодо гьаюн гьенире рачӏаралщиназе.\nБиччанте магӏарул халкъалъе хирияй шагӏир Залму Батировалъул сариназул чвахело жеги гӏемерал соназ чвахизе.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "15198-vaktsina-gabunigi-urg-el-gabichiogo-tanigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15198-vaktsina-gabunigi-urg-el-gabichiogo-tanigi", "title": "Вакцина гьабуниги ургъел, гьабичӏого таниги…", "date": "2021-12-10 06:21:38", "categories": ["med"], "text": "Пандемия байбихьаралдаса нахъе нилъер улкаялда COVID-19 унтиялъ унтун хвана 278000-ялдаса цӏикӏкӏун чи, сордо-къоялда жанив холев вуго 1200-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Щибаб къойил 33000-гӏанасев чи унтулевги вуго.\nДагъистаналдаги пандемия байбихьаралдаса нахъе 62321 чи унтана, 3010 чи коронавирусалъ унтун хвана. Анлъабилеб декабралда 156 чи тӏадеги унтана, щугоял хвана.\nТӏолгодунялалъул сахлъи цӏуниялъул гӏуцӏиялъул (ВОЗ) Европаялъулаб бюроялъ вакцина гьабичӏел гӏадамал рикӏкӏунел руго коронавирус тӏибитӏиялъе аслиял гӏайибияллъун. Гьединго дагьаб цебегӏан, Татьяна Голиковалъги лъазабун букӏана Минздравалъ хъвай-хъвагӏай гьабунин 12-17 сон барал лъималазе хӏадурараб вакцинаялъулин абун. Гьелъул лъикӏал хӏасилал ккани, декабралъул ахиралда къватӏибе биччазеги бегьулин гьебилан. Лъималазеяли щай гурин, жидеегоцин вакцина гьабизе жеги хӏинкъулел руго гӏемерисел. Щайха цо-цо гӏадамал вакцинаялде данде ругел? Прививка гьабуразда дандчӏвалищ киналгӏаги захӏмалъаби?\nВакцина гьабуразулги, гьабизе ракӏалда бугезулги, гьелда данде чӏаразулги пикрабазул цӏех-рех гьабуна нижеца.\nВакцинаялъ унтудаса цӏунанищ?\nИсана республикаялде тӏоцересел вакцинаби рачӏараб заманалда нижер ва цогидал миллиял редакциязул хӏалтӏухъабазул коронавирусалде данде антителаби ругищали хал гьабун букӏана. COVID-19-ялде данде антителаби гьечӏев чанго хӏалтӏухъанасе вакцинаги гьабуна. Вакцинаялдаса хадуб киназулго цого гӏаламаталги рукӏана. Тӏоцебесеб кӏиго къоялъ гъеж унтулеб букӏана. Киназдаго гьоркьоса цо чиясул вакцина гьабун хадуб тӏоцебесеб сордоялъ цӏа-канги бахана. Цо-цоязе жиндир заманалда электроннияб сертификат ва QR-код щоларого квалквалалги рукӏана. Хадубккун август моцӏалда цогидал хӏалтӏухъабазеги гьабуна вакцина. Гьезул цо-цоязул ва батӏи-батӏиял хъулухъазда ругел гӏадамазул пикраби кьолел руго гъоркьехун.\nМадина Хӏажимаева, журналист: «Россиялда коронавирусалде данде вакцина бахъун бугин рагӏаралдаса нахъе гьелъул хӏакъалъулъ цӏалулаан ва цӏех-рех гьабулаан дица. Чанго батӏияб вакцинаялда гьоркьоса Гам-КОВИД-Вак тӏаса бищана щайгурелъул гьеб цогидалде дандеккун дагьаб загӏипаб бугин ва аллергия дагь букӏунин бицунеб рагӏидал. Эбелалъги гьабуна дидаго цадахъ гьеб вакцина. Тӏоцебесеб къоялъ гъеж унти гурони, батӏияб асарго гьабичӏо. Эбелалъулин абуни тӏоцебесеб къоялъ цӏа-кан бахунеб букӏана. Гьале анкьго моцӏ ана гьеб гьабуралдаса, жеги я грипп, я коронавирус унти бахун ниж унтичӏо. Дагьал церегӏан къоязда анализал кьун рукӏана коронавирусалде данде антителаби хутӏун ругищали хал гьабизе. Жеги гӏураб къадаралда антителаби ругин абуна тохтурасги.\nВакцина гьабуралдаса гӏемераб заман аниги, жеги QR-код щолеб гьечӏо дие. Сентябрь моцӏалдаса нахъе МФЦялде чанго нухалда щвана дун «Госуслуги» порталалдасан QR-код гьабизеян. Гьезги цин программа хӏалтӏулеб гьечӏин, хадуб цогидаб багьана батун нахъчӏвалей йиго».\nХадижат Хӏасараева, ДГСХАялъул хӏалтӏухъан: «Коронавирусалде данде вакцина риидалго гьабуна. Байбихьуда гъеж унтулеб букӏана. Тӏокӏаб батӏияб хӏалхиси лъугьинчӏо. QR-кодги вакцинаялъул кӏиабилеб бутӏа гьабун хадусеб къоялъго бачӏана «Госуслугаялде».\nМухӏамад (фамилия ва хӏалтӏулеб бакӏ бицинчӏо): «Хӏалтӏуда нижеда лъазабуна бихьизабураб заманалда вакцина гьабейин, гурони гӏарац кьолареб отпускалде ине кколин абун. Гьеб мехалда, кигӏанго васвасдулев вукӏаниги, вакцина гьабизе ана дунги. Вакцинаялдаса хадур гӏадамал хванин бицунел харбазги хӏинкъизавун вукӏана. Тӏоцебесеб кӏиго къоялъ гъеж ва бетӏер унтулеб букӏана. Вакцина гьабун хадуб моцӏидасан дун коронавирусалъ унтана. Гьеб букӏана дунялалдасаго ракӏ буссараб ва гьебго заманалда рухӏги хиралъараб заман».\nПатӏимат, учительница: «Хӏалтӏуда нижеда лъазабуна вакцина гьабичӏого бегьуларин абун. Дицаги гьабуна гьеб. Гьабун хадуб дагьаб мехалъ гъеж унтулеб букӏана. Гьанжейин абуни сахлъиялъе щибго къварилъи гьечӏо. Вакцинаялъул хӏакъалъулъ рицунел гӏемер батӏи-батӏиял харбазухъ гӏенеккани, гьеб гьабурав чи лъагӏалидего «доб дунялалде» вачун ине кколаан. Дие гьелъ батӏияб асарго гьабичӏо. Вакцина гьабеян абун, гьелде гӏагарлъи ва лъалел гӏадамал ахӏизеги дида кӏоларо, щайгурелъул дир рагӏабаздаса хадуб вакцинация гьабурав чи нагагь унтани, гӏайибал чӏвазе тӏоцере дихъего рачӏине ругелъул. Вакцина гьабун хадуб кӏиго моцӏидасан гурони унтуда дандечӏолел жал чорхолъ лъугьунел гьечӏо. Гьеб кӏиябго моцӏида жанибги унтизе рес бугин абулеб буго тохтурзабаз. Гьединго абулеб буго вакцинациялъ коронавирусалдаса тӏубангоги цӏунуларин, амма гьеб гьабурал захӏматгоги унтуларин».\nХӏалимат, кӏиго лъимадул эбел: «Дица инкар гьабула коронавирусалде данде бугеб кинаб букӏаниги вакцинаялдаса. Къокъабго заманалда гьабураб, гӏемераб хӏалбихьиги гьабичӏеб вакцинаялъ нилъ хвасар гьарилин абураб жоялда дун божуларо. Дица къойилго цӏалула вакцинаялъул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял цӏар рагӏарал гӏадамаз бицунеб информация. Гьаб унтиги нилъеде ургъунго тӏамураб жо бугин, бечедал гӏадамазе дунялалъулго халкъ дагь гьабизе хӏажат бугин хъвалеб бугоан Интернеталда. Вакцинабиги ургъунго нилъ тӏагӏинаризе къватӏире риччалел жал ругин рикӏкӏунеб буго цо-цояз. Щиб лъалеб, гьеб хабар битӏарабги батизе бегьула».\nFatima_85 (инстаграм): «Коронавирусалде данде вакцина гьабизе бокьун буго. Гӏемерисез вакцина гьабуни гьеб унти сабаблъун холезул къадарги дагьлъилин ракӏалде ккола. Дир росасги гьабуна вакцина, кинабгӏаги хӏал хисиги ккечӏо гьесул. Лъаларо нилъер улкаялда гьабураб кинаб вакцина бищун лъикӏаб бугебали, амма дие бокьилаан Сагӏудиязул Гӏарабиялъ лъикӏаблъун рикӏкӏунеб вакцина гьабизе».\nБарият, экономист: «COVID-19-ялде данде прививка дица ихдалго гьабун букӏана. Гьелдаса хадуб «Госуслуги» порталалде QR-код бачӏунарого саламатаб заман бана. Гьелъул цӏех-рех гьабулаго, дир сертификат цогидазе бичун букӏин тӏатана. Прививка гьабун букӏараб поликлиникаялдеги ун цӏех-рех гьабидал, дир сертификаталда хъвазе кколеб номер цогидай гӏаданалъе бичун букӏин лъана. Палхӏасил, дие вакцинаги гьабун сертификаталда хъвазе кколеб букӏараб номер гӏарац кьун гьеб босарай гӏадамалъул сертификаталда хъван батана. Гьеб хӏужа сабаблъун дие вакцина гьабурай медицинаялъул хӏалтӏухъан ихтияр цӏунулел гӏуцӏабазул халгьабиялда гъоркь йиго».\nСоциалияб цӏех-рех\nСоциалиял гьиназдасан ва цогидал бакӏазда дандчӏварал батӏи-батӏиял хъулухъазда ругел яги хӏалтӏуда гьечӏел гӏадамаз вакцинациялъул хӏакъалъулъ пикраби рицунелъул жидер цӏар хъвагеян гьарана. Цо-цоял хӏинкъулел руго жидер пикруялда божун вакцина гьабизе бокьарав чи рекӏекълъилин абун. Цогидазин абуни коронавирус гӏодобцине ккани вакцинаялъ гурони кумек гьабуларинги абулеб буго.\nВакцинаялъул пайдаялда, гьелъ кьолеб хӏасилалда божунгутӏиялъе гӏиллаби цӏехон цо чанго суал лъун букӏана нижеца социалиял гьиназда. Батӏи-батӏияб ригьалъул ва хъулухъалъул гӏадамазда гьоркьоб гьабураб цӏех-рехалда гӏахьаллъана гӏага-шагарго 200 чи.\n— COVID-19-ялде данде прививка гьабунищ нужеца?\n-Гӏемерисез жаваб кьолеб буго гьабичӏин. Гьелъие гӏиллалъунги бихьизабулеб буго вакцинаялъул пайдаялда божилъи гьечӏин. Цо-цояз хъвалеб буго вакцинаялъул хӏалбихьиял гьарун лъугӏидал ва гьеб жеги лъикӏлъидал гьабизе ракӏалда бугин. Цӏех-рех гьабуразул 40 проценталъ жаваб кьолеб буго вакцина гьабунин абун.\n— COVID-19-ялде данде вакцинабазул кинал гӏунгутӏаби ругин нужеца рикӏкӏунеб?\n-Гьаб суалалда гъоркь батӏи-батӏиял комментариял ругоан: «вакцинаялъ сахлъиялъе зарал гьабилин хӏинкъула», «вакцинаялъул хӏакъалъулъ гӏураб къадаралда информация гьечӏо», «вакцинаялъул пайдаялда божуларо», «вакцина гьабизе хӏалица тӏамулел рукӏин».\n— Коронавирусалде данде кинаб вакцина лъикӏаблъун рикӏкӏунеб нужеца?\n-Гӏемерисез «Спутник Лайт» ва «Спутник V» тӏаса бищулеб бугоан. Цо-цояз жаваб кьолеб буго цогӏаги вакцинаялъул пайдаялда божуларин.\n— Коронавирусалде данде вакцина гьаби щивасда тӏадаб ишлъун гьаби битӏараблъун рикӏкӏунищ нужеца?\n-Вакцина тӏадаблъун гьабиялда щивго рази гьечӏоан. COVID-19-ялда данде вакцина гьабилищ яги инкарищ гьабилебали гьеб щивасул иш бугин рикӏкӏунеб буго цӏех-рехалда гӏахьаллъараз.\n«Щивав чияс жидецаго хӏукму гьабизе ккола вакцина гьабилищали. Квешаб букӏа, лъикӏаб букӏа Интернеталдаса бицунеб жоялъухъги гьенисан кьолел «гӏакълабазухъги» гӏинтӏамизеги бегьуларо», -ян хъвалеб буго тӏадехун рехсараб суалалда гъоркь. Гӏемерисез рикӏкӏунеб буго вакцина гьабизе хӏалица тӏамиялъ гӏадамазул ракӏбуссинабулеб бугин. Законалда рекъон, вакцина гьабичӏел хӏалтӏудаса рахъизе ихтияр гьечӏониги, вирус гӏодобцинегӏан хӏалтӏуде хьвадизе риччазе гьечӏин абун лъазабун букӏана исана риидал. Гӏемерисез ракӏалдаго букӏинчӏониги ва бокьичӏонигицин гьабуна гьеб мехалда прививка. Гьединаб кьварараб лъазабиялъ гӏемерисезулъ васвасдиги хӏинкъиги бижизабун букӏана. Цо-цояз гӏарац кьун сертификатал росизе байбихьана. Гьеб иш гьабулаго тӏадккурав чанго тохтурги тамихӏалде цӏан вукӏана.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15199-tialak-oro-magiarda-dandel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15199-tialak-oro-magiarda-dandel-i", "title": "Тӏалакъоро магӏарда данделъи", "date": "2021-12-10 06:31:27", "categories": ["rel"], "text": "Имамзабазул гӏадатлъун лъугьун букӏана зама-заманалдасан кӏудияб лъугьа-бахъиналда цебе тӏолго халкъалъул вакилзабаз гӏахьаллъи гьабурал мажлисал ахӏулеб. Гьеб гӏадат батӏаго цӏакъ тӏибитӏана Шамил имамасул заманалда. Тӏоцебе гьев имамлъун вищулеб гьединаб данделъи букӏана 1834 соналда Гӏанди магӏарда. Чачаназулги Дагъистаналъулги гӏорхъода букӏиналъ гьеб цӏакъ санагӏатаб бакӏлъун букӏана гьединал ишазе.\nАмма 1845 соналда данделъи тӏобитӏизе ккана гьанжесел Хунзахъ, Гӏахьвахъ ва Шамил районазда гьоркьоб бугеб Тӏалакъоро магӏарда. Хӏатӏирухьазда риччарал чуязул хӏихӏиялъул, хъубчул, чухъби, буртаби ретӏарал, тӏад къохьол тӏагърал лъурал гӏадамазул гаргаралъул, кьолеб ва буссинабулеб саламалъул, дугӏа-алхӏамалъул, бачунеб зикруялъул цӏун букӏана мугӏрузул тӏогьиб бугеб майдан. Гӏадамаз цоцазул лъай-хъвай гьабулеб, гьоболлъи ва гьудуллъи лъугьинабулеб букӏана. Лъебелал, цӏунтӏал, гьид, къехӏ, бакълъулал, гъунисел ва чӏарадисел, гӏахьвалазул тӏолалго къавмазул вакилзаби, багвалал ва чӏамалал, хунздерил тӏалъиялъул росабазул гӏадамал, чачаназул, даргиязул, лаказул, лъарагӏазул вакилзаби къоялги нухда ран, гьенире рачӏарал Дагъистаналъул халкъазул камурав чи вукӏинчӏо гьенив.\nШамилида цадахъ гьенир рукӏана гӏорхъаби цӏунун щиб, тушманасда хадуб хъаравуллъи ккун щиб, гӏандадерил мугӏрузда, нахъ бакӏазда, гъумекдерил рахъалда ва Даргъоб тарал хутӏизегӏан киналгоязде гӏунтӏун наибзаби, квер гӏунтӏулеб щибаб бакӏалдаса рачӏарал гӏалимзаби -цӏаларал чагӏи, гьездаго гьоркьор Гӏурадаса Муртазагӏалиги Сивухъа Гъазиясул Сагӏдуги.\nТӏалакъороб имамас гьединаб мажлис гьабиялъе гӏилла букӏана гӏурусазул аскарал тӏаде кӏанцӏизехъин рукӏин ва гьелда цебе тӏолабго мугӏрузул тӏалъиялъул халкъ ишалде бахъинабизе, гъункизабизе хӏажат букӏин ва тушманасул хӏинкъи нахъчӏваялъе план ургъизе ккей. Гьелда хурхун гьенир рищизе кколаан аскаралъе нусил бутӏрул, ярагъ, гулла-хер, квен-тӏех кин ракӏарилел ва ратизаризе ккелелали дандбазе, кинаб росдаца щиб кьелеб рагъда ругел муридзабазеяли мухӏкан гьабизе кколаан.\nТушман нахъчӏваялъе гьединаб кутакаб хӏадурлъи гьабизе ккеялъе гӏиллайин абуни букӏана гӏурус пачаяс Кавказалъул рагъазе ахир лъезе тӏадкъайги кьун, Чачаналдеги Дагъистаналдеги гӏурус генерал, 63 сон барав граф Воронцов витӏун вачӏун вукӏин. Гьелъул хӏакъалъулъ имамасухъе хабар бачӏана гӏурусазул аскаразда гьоркьор ругел балъго хӏалтӏулел гӏадамаз. Воронцовасе рагъуе ахир лъезе тӏадкъайги кьолаго пачаяс гьесде гӏарзцин бахъана рагъ цӏакъго халат бахъунеб бугин ва Россиялъул империялъул югалъул гӏорхъаби щулалъизаризе къваригӏун бугилан. Гьелде тӏадеги Европаялда цебе Россиялъул ва гьелъул армиялъул къадру гӏодобе кколеб букӏана мугӏрузул халкъал мутӏигӏ гьаризе кӏолеб гьечӏилан. Генерал Воронцовин абуни вукӏана рагъул кӏудияб хӏалбихьи бугев, Наполеониде, шведазде, турказде данде вагъиялъул хӏалбихьи ва икъбал бугев цӏар рагӏарав генерал.\nВа гьале, 1845 соналъул маялъул ахиралда ва июналъул байбихьуда Грозныялдаса, Каспиялъул гӏодоблъиялдаса мугӏрузде балагьун бачӏунеб букӏана Кавказалъул рагъазул тарихалда киданиги бихьичӏеб, анцӏила лъабго генералас, гьоркьор гьунаралъул рахъалъ цӏар арал Клю- ки фон Клюгенау, Пассек, Меликов, Аргутинский, Викторов, Фрейгат гӏадал ва цогидалги генералал бетӏерлъиялда ругеб пехотаялъул 23 батальоналдаса, 1600 рекӏарасдаса, 1000 милициясдаса ва гӏурусазул рахъалде арал дагъистанияздаса данде гьарурал, 46 гӏарада бугеб, гучаб армия.\nГьеб цӏар рагӏараб, Кавказалда гуребги, югалъул рахъалда жинда релълъараб къей гӏурус армиялъе киданиги ккечӏеб походалъул ккараб хӏасил киназдаго лъала. Воронцовасул армия щущахъ биххизабуна, 3 азаргогӏанав чи чӏвана, гьездаго гьоркьов чанго генералги. Августалъул байбихьуда лъугӏараб гьеб рагъдаса живго Воронцов хӏалица ворчӏана асирлъуде ккечӏого. Гьеле гьеб рагъде хӏадурлъи гьабизе ракӏарун рукӏана имамасул муридзаби Тӏалакъоротӏе. Тӏадехунги абухъе, гьенир гӏахьаллъарал гӏалимзабазда гьоркьор рукӏана нилъеца рехсарал Муртазагӏалиги Сагӏдуги. Мажлис тӏобитӏиялъе бищунго жигараб квербакъи гьабурал гӏадамазда гьоркьов низам гӏуцӏулев, гара-чӏвариял тӏоритӏулев вукӏаразул цояв кколаан Гӏурадаса Муртазагӏали. Базалияв, куц-жинс рекъарав гӏалимчи ва рагъухъан хӏисабалда машгьурав гьев гьеб къоялъ майданалда киса-кивего вихьулаан. Шамил имамасдаги бихьула Муртазагӏалил тухалчилъиги, гӏетӏулъ тӏерхьун чугун гьев дове-гьаниве къваригӏел тӏубазе унев, хӏажатал гӏадамал има- масухъе ахӏулев, нахъе ритӏулев ва гара-чӏвариял гьарулев. Гӏолохъанав гьесул тулаклъиялда ва бажариялда рухӏдаллъарав имамас гьесда абула:\n— Я, Муртазагӏали, гъоб мехалъ мун чӏван вукӏаравани щиб дица гьа- бизе букӏараб жакъа Тӏалакъоротӏа? — ян.\nАхирги, бакъаникакалги ран, нусил бутӏрулги рищун, щивав наибасда гьоркьор гьелги цогидалги къотӏабиги гьарун, Тӏалакъоротӏаса гӏаламалъул цо бутӏа Гӏандирехун тушман гӏагарлъулев вугеб рахъалде, цогидал жиде-жидер росабалъе аскаралде гӏадамал рахъинаризе, гулла-хер, квен-тӏех хӏадур гьабизе рагъарана. Жиндирго тӏадкъай тӏубазабизе Гӏураде Муртазагӏалиги ана. Ва унаго гьесда цебечӏана тӏоцебе имамасулгун лъай-хъвай ккараб ва гьев вихьараб куц.\nГьеб ккана лъабго-ункъо соналъ цебе. Доб риидал гьидерил ва хӏебдалазул рахъалда муридзабазул къокъагун цадахъ росабалъа росабалъе щун сверулев вукӏунаан имам. Щибаб росулъ гьес хал гьабулеб букӏана гӏадамазул рукӏарахъиналъухъ, диналъул бугеб хӏалалъухъ ва гьебго заманалда рагъде рачине бегьулел гӏолохъабазухъ, гьезул бугеб хӏадурлъиялъухъ. Гьедин унаго имам щвана Гӏурадеги. Гьев вачӏиналъул хабар лъарал росдал гӏадамал ракӏарана годекӏанире. Жамагӏаталъул хӏал-хӏукму, диналъул, цӏаларал чагӏазул ахӏвал-хӏал цӏехана имамас. Росдал дибирасги цогидазги мухӏканго бицана имамасда. Ва гьелдаго цадахъ бицана Муртазагӏали абурав гӏолохъанав, цӏакъ гьунар бугев цӏаларав чи вукӏиналъулги. Аммайин абу- на гьез, Муртазагӏалица росдал рахӏат хвезабун бугин цӏаларав чи вукӏиналъухъги балагьичӏого, руччабазда хадув лъугьунев вукӏиналъ. Имамасул цӏакъ ццин бахъана. Жин- да аскӏове ахӏейин абуна. Ва гьале вачун вачӏана Муртазагӏали. Гьикъа- бакъарун лъугӏидал, гӏадамазул гӏарзалъулги бицун, имамас абуна шаргӏалда рекъон мун чӏвазе кко- лин. Цинги имамас гьесул лъаялъ- ул хал гьабизе байбихьана. Батӏи- батӏиял гӏелмабаздаса, цӏакъаб лъай бугев чияс гурони жаваб кье- зе кӏоларел, захӏматал кьуна суа- лал гьес, Муртазагӏалица гӏараб мацӏалда имамасул киналго суала- зе мухӏканал жавабал кьола, имам битӏахъего бахиллъула гьесул лъаялда ва цӏакъго кьварараб гӏадлу гьабичӏого тола. Гьелдаса нахъе имамасеги халкъалъеги хъулухъ гьабуна Муртазагӏалица Кавказалъул рагъ лъугӏизегӏан. Гьидерил рахъалъул наиблъунги тӏамун вукӏана гьев.\n80-абилел соназда, гьесул лъайги къадруги хӏисабалде босун, ТемирХан-Шураялда гӏурусаз гӏуцӏараб шаригӏаталъул судалъул тӏоцевесев судиявлъун тӏамун вукӏана гьев. Гьесул ахирисеб гӏумру живго вижараб Гӏурада росулъ ана. Унтарав гьесде ваккизе Гӏураде щварав Инкваличиласул Дибирас жиндирго гьудуласухъе хъвараб кагътида бицунеб буго гьев кӏващул унтиялъ унтун вукӏиналъул ва черхалда рукел букӏиналъул. Муртазагӏалил хоб буго Гӏурада росулъ.\nГьесдаго цадахъ Тӏалакъоротӏа вукӏана Сивухъа Сагӏдуги.\nГьеб цӏар рагӏараб майдан росдал гӏалахалъул гӏорхъуда букӏиналъ гьенир рукӏана росулъа цогидал гӏадамалги. Гьелъие цоги гӏилла букӏана – 1843 соналда сахъадерил наиблъун тӏамурав Хӏажимурадил амру тӏубазабун данделъиялде бакӏарараб гӏаламалъе къваригӏарабтаралъе рахъун рукӏана гьенире гьел. Сагӏдуйин абуни вукӏана хунздерил тӏалъиялда гӏезегӏан машгьурав, жинцаго квералъ хъварал ва данде гьарурал тӏахьал нахъе тарав гӏалимчи. Рехсараб данделъиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏаялги гьес гьарун руго.\nНилъее нахъе хутӏараб гьесул аслияб тӏехь буго «Паризаяб жоялъул рахас» («Сулак гӏайин») абураб, жинда жанибе диналъе ва гӏелмуялъе хӏажатал батӏи-батӏиял гӏелмабазул асарал, гьезие баянал, малъа-хъваял ракӏарараб цӏакъ бицатаб мажмугӏ. Араб гӏасруялдаго гьеб ккун буго Гӏочӏлоса Мухӏамаддибир абурав чиясухъе. Гьесухъан щун буго Унсоколоса Гӏабдулкаримил Гӏабдула абурав чиясухъе, гьесул хъизамалъухъа бихьизе гьеб тӏехь щвана дихъеги. Сахъадерил мадрасаялдаса, росдал ва къватӏиса рачӏарал мутагӏилзабазда гӏараб гӏелму малъулел гӏалимзабазул тухум лъугьун букӏана Сагӏдул. Тӏалъиялда лъалев гӏалимчи вукӏана гьесул вас Яхӏяги. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цеве хварав кӏудияв Сагӏдул цӏар лъурав Сагӏду вукӏана машгьурав халкъияв тохтур."}
{"slug": "15280-magiarukh-l-iyal-asir-gavurav-snajder", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15280-magiarukh-l-iyal-asir-gavurav-snajder", "title": "Магӏарухълъиялъ асир гьавурав Снайдер", "date": "2021-12-17 03:59:59", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Анкьил байбихьуда республикаялъул жамгӏияб гӏумруялда жаниб киназго кӏвар буссинабураб хӏужалъун кканин абизе бегьула СШАялдаса машгьурав речӏчӏухъан Кайл Снайдер Дагъистаналде гьоболлъухъ вачӏин. Социалиял гьинал цӏун руго магӏарул буртинаги ретӏун, магӏарул кьурдул бакъаналда гъоркь «лезгинка» кьурди гьабизе хӏаракат бахъулев Снайдерил роликазул.\nАмма кинабго тартибалда бицинин. СШАялдаса машгьурав гугарухъан декабралъул авалалда вачӏана улкаялъул тахшагьар Москваялде. «АЛРОСАялъул Кубок» абураб гугарухъабазул официалияб гуреб турнир букӏана гьениб 3 декабралда. Гьенив цеве вахъана нилъер гугарухъабазда гьоркьов бищун тулакав спортсмен Гӏабдулрашид Сагӏадулаевги. 5:1 хӏисабгун Македониялъе гӏоло цеве вахъунев Мухӏамадхӏажи Нуров къезавуна «Танкица» гьел къецазда.\n«Дагъистан букӏана духъ балагьун чӏун»\nГран-При «АЛРОСАялъул» турниралде, хӏурматив гьобол хӏисабалда, Гӏабдулрашидица гьениве ахӏарав чи вукӏана Кайл Снайдерги, хадув гьенисан Дагъистаналде гьев вачине нигатгун. Гъоркьиса Северияб Осетия-Аланиялъул тахшагьар Владикавказалда букӏараб гугарухъабазул турниралде вачӏиндал ахӏун вукӏана Гӏабдулрашидица Снайдер республикаялде гьоболлъухъ. Амма лъагӏалидасан гурони мугӏрузул республикаялде сапар бухьине регӏел ккечӏого батила, гьал къоязда вачӏана Дагъистаналде Снайдер. Кӏигониги нухалда къезеги гьавун вукӏана Гӏабдулрашидица гьев. Тӏоцебе — Токиоялда тӏобитӏараб Олимпиадаялъул риидалил хӏаязда, хадуб (кӏиго моцӏидасан гӏадин) Норвегиялъул тахшагьар Ослоялда дунялалъул чемпионаталда.\nКинабниги ункъо нухалъ дандчӏвана Снайдерги Гӏабдулрашидги ургуялда. Гьенив цохӏо нухалъ бергьана Снайдер (Париж — 2017 сон). Гьеб бергьенлъи кӏочон тезабулеб хӏалалда лъабго нухалъ чӏелги босана Гӏабдулрашидица. Киназдаго ракӏалда батила 2018 соналда эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда, Венгриялъул тахшагьар Будапешталда, букӏараб тарихияб реванш. 44 секундалда жаниб Снайдерил мугъ ургуялда цвизабуна Гӏабдулрашидица.\nУргуялда бугъби гӏадин къеркьолел рукӏаниги, гӏумруялъулъ бищунго лъикӏал гьудулзаби рукӏун руго. Тӏубанго гьеб якъинлъана Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда Гӏабдулрашидица тараб гьадинаб хъвай-хъвагӏаялъ: «Welcome to Dagestan, Snyderman45», — абун хъвана гьес ингилис мацӏалда. «Лъикӏ щварав, Снайдер, мун Дагъистаналде. Дир Ватӏан чӏалгӏун букӏана духъ. Гьанже хӏадурго вукӏа кавказалъулас гьоболасул гьабулеб хӏурматалъул кинабго берцинлъи дудаго бихьизе», — абун. Цоцада къвалалги ран, лъимерлъудасаго цадахъ гӏурал гьудулзаби гӏадин, гьимулел гьезул сураталъ асар гьабуна гӏемерав чиясе. Гьелго разиял гьурмал гӏемерал бакӏазда паркъана Дагъистаналде щведалги.\nЩуабилеб декабралда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас тӏаде къабул гьаруна хӏурматиял гьалбал. Цохӏо Снайдерица гуребги, Ингушетиялдаса речӏчӏухъан Залимхан Картоевасги бана Гӏабдулрашидида гьоболлъи. Залимхан Картоевги Гӏабдулрашидил вукӏарав «дандияв» ккола. Живго гӏахьаллъараб тӏоцебесеб Олимпиадаялда, 2016 соналда Рио-де-Жанейроялда, гьесдасаги бергьун вахъун вукӏана Гӏабдулрашид Олимпиялъул чемпионлъун. Доб букӏана Гӏ. Сагӏадулаев 86 кг. цӏайиялда цеве вахъунеб мех.\nСергей Меликовас гьалбал хӏурматалда къабул гьаруна. Снайдерие баркала кьуна, океанги бахун, мугӏрузул республикаялде вачӏине тӏамураб таваккалалъухъ, захӏматаб, хӏалкъараб мехалда гьаниве щвезегӏан вачӏине батараб заманалъухъ. Бицана Дагъистан, кьварараб ракь букӏаниги, берцинаб, тӏогьода росарал расалъабиги, гӏазулъан рецӏцӏулел иццаз берич гьабураб, роцӏараб гьаваялъул ракь букӏиналъулги. Кьуна къиматал сайгъаталги, цадахъ чӏун рахъана сураталги. Гьеб киналъго хинаб асар гьабунин ккола Снайдериеги. Суратазда гьев тӏокӏав чӏечӏого гьимулев вукӏана.\nМеликовасулгун дандчӏваялдаса хадур Каспийскиялде ана Снайдерги Сагӏадулаевги. Гьениб, анкьабилеб декабралда, «Вольник» абураб турнир букӏине кколаан. Гьенив цеве вахъине кколаан Снайдерги. Амма гьесул дандияв Жабрагӏил Гӏалиханов унтун вукӏиналда бан, гьезул дандчӏвай нахъбахъана. Кин батаниги, гӏадада течӏого, Каспийскиялда, Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда бугеб спортивияб комплексалда гьитӏинабго пресс-конференцияги кьуна Снайдерица.\nКаспийскиялдаса хадуб Снайдер щвана Хасавюрталде. Гьениб гьес гӏисинал речӏчӏухъабазда мастеркласс бихьизабуна. Дандчӏвана Гиннессил чӏелазул тӏехьалде восарав, Хасавюрталдаса гӏун вачӏунев речӏчӏухъан Мухӏамадрасул Мухӏамадовгун. Сундул хӏакъалъулъ гьес Снайдерие бицарабали балъголъилъун хутӏана, шавкъалда гьесда цо жо бичӏчӏизабулев вугоан сураталда гьитӏинав речӏчӏухъан, кӏвар кьун гьесухъ гӏенеккун Снайдерги.\nХасавюрталдаса нахъвуссун Махӏачхъалаялде щварав американав дандчӏвана нилъер цоги речӏчӏухъан Гӏабдусалам Хӏадисовгун. Чанго соналъ Снайдерги гьевги дунялалъул чемпионаталда дандчӏван рукӏана. Гьениб Гӏабдусаламие битӏккун букӏинчӏо.\nБокьана Снайдерие магӏарухъ хӏадур гьабураб тӏагӏам\nЛъабго къоги гӏодоблъиялда бан, гӏемерал бакӏаздеги щун, микьабилеб декабралда жиндирго ватӏаналде, Чӏарада районалде ана гьалбалги рачун Гӏабдулрашид. Цӏуриб гьел рачӏиналде кинабго хӏадурун букӏана. Вертолеталдаса гьел рещтӏиндал, гӏадатлъун билълъухъе, чед-цӏамгун дандчӏвай гьабуна гьезда. Магӏарул корохъ бежараб чадил тӏагӏамалъул хӏал бихьидал, разиго хутӏана Снайдерги. Гьалбадерилгун аслияб дандчӏвай букӏана Цӏуриб бугеб спорткомплексалда. Гьитӏинавги кӏудиявги, гӏемерав чи вакӏарун вукӏана гьениве, океанги бахун мугӏрул тӏогьиб бугеб росулъе щвезегӏан вачӏарав речӏчӏухъанасухъ балагьизе. Кучӏдул ахӏана, кьурдана. Чӏарадисезул хъабал юкка ретӏарал гӏолохъанал ясаз кьурдизе къабул гьавуна Снайдерги. Расги лъачӏониги, хӏетӏеги босана, гӏебеде кверги битӏун, махщелго гьечӏониги кьурдизе хӏаракатги бахъана. «Балагье, балагье Снайдер «Лезгинка» кьурди гьабулев», — илан, интернеталде рехараб роликалъ Дагъистанго цӏуна. Гӏабдурашидида цадахъги вахъана гьев кьурдизе. Къокъаб хӏасил, Снайдерил кьурдиялъ гӏемерав чиясе асар гьабуна. Кинав американавин гьев вукӏунев, магӏаруласдаса къосараб бакӏ гьечӏин гьесулин абулелги камичӏо.\nИхтилаталдаса хадуб рагӏи кьуна Кайлие.\n-Дир гӏумруялда жаниб чанго батӏияб пачалихъазде щвана дун, Европаги бихьана, Азиялъул ракьалдаги сверана, амма Дагъистан гӏадаб берцинаб бакӏ дида батичӏо. Хӏакъикъаталдаги гьайбатаб ракь букӏун буго нужер. Дун пана гьавуна мугӏруз ва магӏарухълъиялъул тӏабигӏаталъ.\nЦӏакъго бокьана нужер миллияб квен-тӏехги. Тӏадегӏанас хъван батани, тӏаде-хариялъулги вачӏине вуго нужехъе гьоболлъухъ. Амма цадахъ хъизанги ячун. Гьелда нужерго тӏагӏамаб квен-тӏех гьабизе малъизе букӏине, — ян абуна Кайл Снайдерица.\nМагӏарул буртина, магӏарул тӏагъур\nЦӏурисан гьел ана Гӏабдулрашидил инсул росулъе — Гьилире. Гьенибги гӏемераб жоялъ гӏажаиблъизавуна Снайдер. Хасго гьесие асар гьабуна цоцалъ рекӏун гьарурал ганчӏил къадазул минабаз. Хӏакъикъаталдаги Европаялъул цебегосеб архитектураялдаса къечӏеб берцинлъиялъул хатӏ буго чӏарадисезул ганчӏил устарзабаз рарал къадазул. Цӏар бугел къадал устарзаби рахъараб бакӏ ккола Къарал мухъ.\nГьединаб букӏана Чӏараде гьабураб Снайдерил сапар. Гьобол-гьудуласда умумузул ретӏел ретӏунеб гӏадат гьеб къоялъ Чӏарадаги хвезабичӏо. Снайдерие гьез сайгъат гьабуна магӏарул буртинаги гъалараб вехьасул тӏагъурги. Гьебги тӏад ретӏун, борчун ханжаргун гьимулев вукӏана гьевги.\nЦӏурисан гьел ана Шамил районалде. Гьоор росулъ ругел некӏсиял сиял рихьизе вачана Кайл Снайдер. Лъикӏаб дандчӏвай гьабуна гьесда гьенибги. Гьоор росулъе гӏемерал туристал щай хьвадулелали гьанже бичӏчӏанин жиндайин абуна Кайлицаги. Цӏакъ берцинаб тӏабигӏаталъул бакӏ бугин нужер ракьилан цоги нухалдаги мукӏурлъана гьев.\n10 декабралда гьев цеве вахъине вуго Хасавюрталда, Ш. Гӏумахановасул цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб турниралда. Ургуялда нилъеда гьев гӏемер вихьана. Амма магӏарул мох-мохгун, кьагӏрил гьанада кӏутӏулев, «лезгинка» кьурдулев вихьун вукӏинчӏо.\nЦогидазул иш лъаларо, амма дие цӏакъго рекӏелъ босана Снайдерил гӏадатлъиги, сабурлъиги, магӏаруллъиялда гьес бараб берцинаб гьоболлъиги.\nГьобол-гьудуласул кидаго къимат букӏана магӏарухъ. Хасго умумузул заманалда цӏакъго ссиялда букӏана гьезие гьабулеб хӏурматги. Лъабго къо бачӏого гьоболасда цӏар гьикъулеб гӏадат букӏинчӏо умумузул. Амма Снайдерил цӏар гьаниве вачӏиналде щуго соналъ цебего лъалеб букӏаралъул, Дагъистаналда гьес бараб лъабго къоги тарихалде араблъун рикӏкӏине бегьула.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15281-ak-gjolalde-l-im-bachiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15281-ak-gjolalde-l-im-bachiana", "title": "Ак-Гёлалде лъим бачӏана", "date": "2021-12-17 04:05:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда Махӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалъул паркалда бугеб гӏурус учительницаялъе бараб памятникалда цебе тӏобитӏана ччугӏил ярмарка. Гьелдаго цадахъ Октябралъулаб революциялъул цӏаралда бугеб каналалъусан, шагьаралъул къватӏазда гъор- кьан ункъо километралъул манзилалда лъурал рогӏразухъан Ак-Гёль хӏоринибе биччана лъимги. Гьел лъугьа-бахъиназда бан тӏобитӏараб байрамалъул тадбиразда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул бетӏер С. Меликовасги. Каналалъуса бачараб лъеда цадахъго хӏоринире риччана гӏисинал багӏарал ччугӏби.\nДанделъиялда кӏалъалаго, С. Меликовас абуна: «Лъим дагьлъун букӏиналъ хӏорил бакьулъ цо-цо бакӏазда гӏисинал чӏинкӏиллъаби лъугьун рукӏана. Хӏор сверухъ изну гьечӏого рарал минабаз хӏоринибе ракьулъан бачӏунеб букӏараб лъим къотӏизабуна. Дица баркала загьир гьабулеб буго жиндир заманалда хӏорил масъала борхарал ва тӏалъиялъухъе гьеб щвезабурал жамгӏиял церехъабазе. Хадубккун, судалъул хӏукмуялдалъун, рагӏалде бахъинабизе ккола, законги хвезабун, гьенир рарал минабазул суал ва чара гьечӏого гьездаса эркен гьабизе ккола гьаб ракьги. Цинги, халкъалда дандги бан, хӏаракат бахъила хӏор сверун бугеб ракь къачӏазеги», — ян.\nДагъистаналъул бетӏерас Хӏурматалъул грамотаби кьуна хӏорихъе лъим бахъиялъул проекталда гӏахьаллъи гьабурал чагӏазе. Гьелги ккола «Спасем Ак-Гель» абулеб жамгӏияб советалъул нухмалъулев Гъазимухӏамад Гӏабдулаев, меценат Кирилл Дьяковский, «Дагъфлот» ОООялъул директор Константин Петров ва Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул бетӏер Мухӏамад Алхасов.\nБаркиялъул ва баркалаялъул кӏалъаялгун цере рахъана Халкъияб Собраниялъул депутатал, Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулев, районазул бутӏрул. Гьез загьир гьабуна Ак-Гёль цӏуниялъул мурадалда хӏоринибе лъим биччаялдаса жидерго бугеб разилъи. Ракӏалде щвезабуна Октя- бралъул революциялъул цӏаралда бугеб канал халкъалъ бахъаралдаса исана нусго сон тӏубалеб букӏинги.\nБайрамалъул хӏурматалда тӏобитӏараб ччугӏил ярмаркаялдаги гӏахьаллъи гьабуна Сергей Меликовас, ва гьес хӏалбихьана Гъизляр, Тарумовка, Хъумторхъала ва Лаваша районазул ччугӏа гӏезабулел предприятиязул ччугӏил батӏи-батӏиял нигӏматазул. Хӏорил тарихалъул ва гьенибе лъим бачиналъе гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ нижее бицана Ак-Гёль хвасар гьабиялъул фондалъул генералияв директор Хӏ. Гӏабдулаевас:\n— Цебе гьаб букӏана Каспи ралъдал залив. Тӏабигӏаталъул хиса-баси ккеялдалъун, гьениб лъугьана салул чӏва, тӏагӏана заливалъул гӏорхъи ва лъугьана Ак-Гёль хӏор. Лъарагӏ мацӏалдаса буссинабуни, гьелъул магӏна ккола «Хъахӏаб хӏор» абураб. Ак-Гёль хӏорил хӏакъалъулъ тӏоцебе хъвай-хъвагӏай гьабун буго XVIII гӏасруялда. Араб гӏасруялъул 70-80-абилел соназда хӏор лъугьун буго шагьаралъулазе хӏухьбахъизе ва ччугӏа кквезе бокьулеб бакӏлъун. Ахираб къого соналда жаниб къачӏана Ак-Гёлалъул сверухълъи. Гьайгьай, гьеб «бокьана» бакӏал ралезеги. Байбихьана хӏор сверухъ бугеб ракьалда бакӏал разе, гьелъул рагӏаллъиялде ракь базе, ай хӏорил гӏатӏилъи дагь гьабизе.\nРакьуда гъоркьан рачӏунел лъинал къаялъул, гьава-бакъалъул хиса-баси ккеялъул ва ралъдалъ лъим дагьлъиялъул хӏасилалда хӏоринибги лъим дагьлъана. Гьеб ккола унго-унгояб экологияб балагь. Абизе бегьула, тӏубанго хвезарун ругин хӏоринир рукӏарал ччугӏбузул гӏемерисел тай- пабиян. Хехал тадбираздалъун АкГёль хӏор хвасар гьабизе ккеялъул суал борхана Ленинский районалъул нухмалъиялъ, жамгӏияб советалъ, «Город наш» абураб жамгӏияб идараялъ ва блогераз.\nТӏоцебесеб иргаялда, батизе кколеб букӏана хӏоринибе лъим бачӏинабулеб инженерияб къагӏида.\nГьеб мурадалда хитӏаб гьабуна лъел гӏелму лъалел гӏалимзаби хӏалтӏулел гӏелмиял идарабазде. Хӏукму гьабуна, лъагӏалие 1,8-ялдаса кӏиго миллион кубометр хӏисаб гьабун, Октябралъул революциялъул каналалъуса хӏоринибе лъим чвахизабизе. Гьеб проект рагӏалде бахъинабизе гӏуцӏана «Фонд спасения озера АкГёль» абулеб коммерциялъулаб гуреб идара.\nГьенибе лъим бачиналъе харж гьабизе кколаан 60 миллион гъурущ. Проекталъул гӏемерисел хӏалтӏаби чӏорого гьаруна М. А. Гӏамирарслановасул ИПялъ ва «Салам» ОООялъ.\nПроекталда унел харжал гьариялъулъ гӏахьаллъана бизнесменал К. В. Дьяковский ва К. А. Петров. Лъим бачиналъе къваригӏунеб къайи чӏобого чӏезабуна «Талгиспецстроялъ», «Трансстроялъ», проектниял ва инженериялгун геодезиял хӏалтӏаби чӏорого тӏуразаруна Р. Гӏ. Гӏумахановасул ИПялъ.\nТӏоцебе Ак-Гёль хвасар гьабизе кке- ялъул суал борхана Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул бетӏер Мухӏмад Алхасовас. Гьесул бажариялдалъун гуребани, гьаб хӏалтӏи лъугьинароан. Гьеб ишалъе кӏудияб кумек гьабуна Ленинский районалъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Б. Бийбулатовасги, — ян.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "15284-g-ank-iladaj-globalizatsiyal-ofitsialiyal-smiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15284-g-ank-iladaj-globalizatsiyal-ofitsialiyal-smiyal", "title": "Гъанкъиладай глобализациялъ официалиял СМИял?", "date": "2021-12-17 06:12:36", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб СМИязул форум ахиралде щвана. Форумалда цадахъго «Тарки-Тау» абураб тӏахьазул выставкаги, гьединго ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул пресс-конференцияги букӏана гьениб. «Хӏакъикъаталъул» цебесеб номералда кьун букӏана гьелъул хӏакъалъулъ баянги.\nКазакалги хӏакимзабиги\nГьаниб тӏаде жубазе бегьила гьеб пресс-конференциялдаса цо-цо суалал ва жавабал. Масала, «Спросите у Расула» тг-каналалъул бетӏергьан Расул Асадица гьикъана прессаялдехун кинаб бербалагьи бугебин, гьединго ДРялъул хӏукуматалъе кинаб къимат кьолебин абун.\nМеликовас жаваб кьуна битӏараб информация кьолеб бугелдаса нахъе жиндие батӏалъи букӏунарин гьел СМИял пачалихъиял ругониги, хасаб бетӏергьанлъиялдаги ругел ратаниги. ДРялъул хӏукуматалъе къиматги гьес цӏияб соналдаса хадуб кьезе тана.\nЖамгӏияв хӏаракатчи Булач Чӏанкӏалаевас гьикъана казаказда хурхун ДРялъул законалъул проект бахъиялда тӏасан Меликовасул пикру. Лъалеб букӏахъе, дагьалъ цебе республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз нахъчӏвана гьеб проект.\nБулач Чӏанкӏалаевасул рагӏабазда рекъон, казакал Дагъистаналда гьадинги лъицаниги къварид гьарулел гьечӏо. Амма гьесда рагӏун буго казаказул патрулал рукӏине ругилан. Сергей Меликовги разилъана Дагъистаналда казаказул рахӏатхвезабулеб хӏужа гьечӏолъиялъе, гьез жидерго культураги цебетӏезабулеб букӏиналъе.\n«Кинабгӏаги масъала гьечӏо гьелъул. Гьеб законалъ гӏицӏго тасдикъ гьарулел руго РФялда казачествоялда хурхун ругел федералиял позициял. Жакъа бугеб жо ккола цоцо депутатазда гьеб суал битӏун бичӏчӏизабизе хӏакимзабазухъа бажаричӏолъи. Гьединлъидалин гьезда гьелъулъ цо хӏинкъиги бихьараб», — ин абуна Меликовас.\nФейказул пандемия\nХадуб букӏана Москваялдаса экспертазулгун регионалиял журналистазул гара-чӏвари. Гьеб дандчӏваялда рукӏана мадугьалихъ ругел республикабаздаса ишцоялги.\nГьениб аслияб гара-чӏвари ккана глобализациялъул, цифровияб дунялалъул заманалда хадур гъезе, гьеб бичӏчӏизе ккани, журналистаз щиб гьабизе кколебин абураб суалалда тӏасан.\nГьеб рахъалъ жидерго хӏал бихьиялъул хӏакъалъулъ бицана ТАССалъул генералияв директорасул тӏоцевесев заместитель Михаил Калмыковас, Интерфаксалъул генералияв директорасул тӏоцевесев заместитель Михаил Кетькоца, «Российская газеталъул» бетӏерав редакторасул тӏоцевесев заместитель Михаил Чканиковас, ТАССалъул бетӏерав редакторасул тӏоцеесей заместитель Лана Самариналъ, МИИялъул бетӏерав редакторасул заместитель Наталья Лосевалъ ва цогидаз.\n«Молодёжь Дагестана» газеталъул бетӏерав редактор Рамазан Ражабовас борхана зама-заманалдасан федералиял СМИяздасан кавказалъулазде гьулчулеб чороклъиялъулги рокьукълъиялъулги суал.\nГьесул рагӏабазда рекъон, Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав дагъистаниясул хӏакъалъулъ гьез россиялъулавин, метроялъув вагъарасул рахъалъ дагъистаниявин хъвала. Гьелъул магӏна щибин гьикъидал, Москваялдаса экспертал мукӏурлъана гьеб ургъунго жидер сайтазде цӏикӏкӏун чагӏи раккиялъе гьабулеб жо букӏиналъе.\nАмма хадурккунги гьединал хӏужаби нахъчӏваялъе щиб гьабизе кколебали бицинчӏо.\nОфициалияб данделъи лъугӏун хадубги нилъер журналистаз гӏезегӏан суалал кьолел рукӏана гьезие.\nГьединго гӏемерисезе цӏакъ пашманаб асар гьабуна Наталья Лосевалъул хабаралъ. Гьелъ бицана фейказда данде рагъ баялъул ва виртуалияб дунялалда гъорлъе лъугьун араб нилъер гӏун бачӏунеб гӏел хвасар гьабизе хӏажат букӏиналъул хӏакъалъулъ.\nЖакъа фейказул гӏемерлъиялъ тӏубан пандемия гӏадаб жо лъугьун буго сверухъ. Бокьарав чиясда бугьтан лъоледухъ ургъараб яги цебе ккараб жоялда чи божизавулеб гьереси рехулеб буго интернеталде. Гӏадамазги, хӏакъикъат цӏехечӏого, це беса-цебе битӏулеб буго гьеб.\nГьединго виртуалияб дуня лалъ гӏадамазул пикраби хӏабур гъинарулел рукӏиналъе жеги мисалал рачана Лосевалъ. Гьелъ экраналдасан йихьизаюна дунялалда бищун гӏемер подписчикал ругей блогер, чамалиго миллион доллар багьа бугеб горде, 1,4 миллион долларалде бичулеб гӏадатияб нус. Гьеб гордеги нусги босизе ирга щоларого, цоцаца чӏваялде ккун рукӏунила интернеталда гӏолилал. Амма бищунго тату хвараб жо рагӏула я гьей яс, яги горде, ялъуни гьеб нус хӏакъикъаталда гьечӏел жал рукӏин. Гьел кколила гӏицӏго экраналда лъурал суратал.\n«Гьеле гьеб бакӏалде ккун буго жакъа дунял – гьечӏеб жоялда чи божизавулеб бакӏалде. Информация тӏибитӏизабулел ресурсал журналистазухъа гьанже цогидаз нахъе росун рукӏаниги, бетӏер сверизабураб аудитория хвасар гьаби нилъеда тӏадаб буго. Информация тӏибитӏизабиялдасаги кӏвар бугеб суал ккола гьеб», — ин кӏалъана Наталья Лосева.\nФорумалда бицана миллияб прессаялъулги.\nСМИязул форумалда ва жакъа къоялда информация тӏибитӏизабулел алатазда сверухъ лъугьараб ахӏвалхӏалалда тӏасан «Хӏакъикъаталъе» гьадинал пикраби загьир гьаруна цоцо журналистаз.\nМухӏамад Мухӏамадов, «Дагъистан» РИАялъул директор:\n— Жакъа Кавказалда жаниб Дагъистан буго бищунго миллатал гӏемераб ва гьел миллатазул мацӏазда газетал риччалеб республика. Россиялъул цогидал регионазда риччалел газетазда дандеккун, нилъер гьанир риччалел миллиял газетазул кӏварги гьез билълъанхъизабулеб информациялъулаб политикаялъул асарги гӏемерго цӏикӏкӏараб буго. Гьединлъидал цогидал регионаздасагун республикабаздаса гьеб форумалде рачӏарал гьалбадерие къваригӏун букӏана нилъеца щиб гьабулеб бугебали бихьизе (нилъер гьанисан щвараб лъайги хӏалбихьиги хадубккун жидерго доба хӏалтӏизабизе букӏине).\nГьабсагӏаталда гӏемерлъун руго СМИязул масъалаби. Гӏадамаз цӏалулел гьечӏо жидерго мацӏазда риччалел газетал. Цӏикӏкӏун босулеб буго гӏурус мацӏ. Кигӏан церетӏурал технологиязул заман XХӀ гӏасру бугониги, нилъерго кьибилалдаса тӏечӏого, миллиял мацӏаздаги интернеталдасан хъвадаризе бегьулеблъи бихьизабизе рес кьола гьединал форумаз. Нилъеца чара гьечӏого цӏунизе ккола рахьдал мацӏ.\nГьединго форумалде рачӏарал ТАССалъул, Интерфаксалъул, «Российская газеталъул» вакилзаби сабаблъун жидерго лъай гъварид гьабизеги рес ккана журналистазе. Жакъа къоялда информация тӏибитӏизабизе пайда босулел, цӏираккарал къагӏидабазул хӏакъалъулъ бицана гьез.\nГьабсагӏаталда журналистал, ай хӏалтӏулел журналистал, ракъу н хутӏулеб заман гьечӏо. Грантаз далъун кумекги гьабулеб буго хӏукуматалъ.\n— Мухӏамад, глобализациялъул заманги тӏаде щун бугелъул, гӏисинал миллатазул мацӏазда рахъулел, СМИял цӏунизе бажариладай?\n— Форум байбихьун тӏоцебесеб къоялъ РИА-Новостазул вакилгун цадахъ шагьаралдасан унев вукӏана дун. Нилъер гӏадамалгун гарачӏварун, гьединго цогидалгун гьел кӏалъалеб, хьвада-чӏвадулеб, кваналеб, хӏухьбахъулеб къагӏида бихьун хадуб гьелъ абуна Дагъистаналъе жеги глобализациялъ гьедигӏан асар гьабун гьечӏилан. Кин букӏаниги, нилъеца жеги цӏунун хутӏун бугелъулха умумузул ретӏел-кунги, квенги, кечӏ-бакъанги. Улкаялъул даражаялда босани, гьанже гӏемерисез KFC, Макдоналдс тӏаса рищулел ругелъулха. Гӏурус культураялдасаги цӏикӏкӏун асар гьабулеб буго жакъа бакътӏерхьул рахъалъул культураялъ: нилъеца ретӏунел руго ингилисазул костюмал, кваналеб буго Америкаялъул квен, нилъ гӏенеккулел\nГъанкъиладай руго Италиялъулгун Франциялъул кучӏдузухъ. Гьеб киналдаго гьоркьосан нилъерго умумузул хаслъи цӏунизе хӏаракат бахъулеб нилъер халкъалъе баркала буго. Хӏабибица дунялалда гьагъаб цохӏо магӏарул тӏагъур бихьизабигицин кӏудияб иш гьабуна. Гьединал гӏолохъабазеги кӏудияб баркала. Жакъа нилъеда цебечӏараб масъала буго дунялалда нилъерго, Дагъистаналъул бакӏ бати. Нилъер руго цӏакъ речӏчӏа-регӏарал, иш бажарулел гӏолохъаби. Гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏун цӏалдезеги ккела гьел, жал кир ратаниги – Европаялда, Америкаялда, Россиялда яги Дагъистаналда. Гьеб лъайги Дагъистаналъе пайдаялъе хӏалтӏизабизе ккела.\nРамазан Ражабов, «Молодёжь Дагестана» газеталъул бетӏерав редактор:\n— Гьеб форумалдаса пайдаги босун, нилъер рес буго цо-цо масъалаби улкаялъул даражаялда рорхизе.\nТӏоцебесеб суал – цо-цо ми ллатчагӏаз кавказалъулаздехун бихьизабулеб лъикӏаб гуреб бербалагьи федералиял СМИязги загьир гьабулеб буго. Гьеб гьедин букӏиналъе Москваялдаса экспертал жалгоги мукӏурлъидалха гьелда тӏасан бал битӏун дица жидее суал кьураб мехалда. Гьединал материалал лъуни, сайтазде раккулел чагӏиги гӏемерлъулин, гьелъ гъозул информалатазе рекламаги гьабулин жаваб кьуна экспертаз. Гьеб жоялъ иш миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижиялде бачунин, гьединлъидал гьелъие гӏайибиял гӏадамал тамихӏалдеги цӏазе кколин тӏадеги жубана гьез. Махӏачхъалаялда форум тӏобитӏунилан Москваялда хъата-масан гьел миллатчагӏазе гӏадлу гьабизе байбихьуларо. Амма нилъеца тӏокӏалъ чӏечӏого добаги-гьанибги гьелъул бицунеб, хъвалеб, ахӏи балеб бугони, ахир-къадги лъим жиндирго рахънибе буссунеб гӏадин, гьеб суалалда хурхунги щиб букӏаниги ургъизе бегьула.\nКӏиабилеб суал – журналистикаялда гъорлъ вугев чиясе дагьабниги жиндирго лъай бечед гьабизе къваригӏун букӏун батани, гьелъие ресал рукӏана форумалда (мастерклассал, лекциял).\nЛъабабилеб рахъги буго гьеб форумалъул – улкаялда машгьурал медиа-менеджеразулгун лъай-хъваял гьаризе букӏараб рес. Гьедин, масала, «Российская газеталъул» бетӏерав редакторасул заместитель Михаил Чканиковас, дида аскӏовеги вачӏун, абуна рачӏайин цадахъ рекъон хӏалтӏизе, нужеца жидер материалаздаса пайда босизеги бегьулин.\nМухӏамад Махӏатӏилов, «Дагъистан» РГВКялъул генералияй директоралъул заместитель:\n— Форум тӏобитӏулеб бакӏалда нижеца гӏуцӏун букӏана нижерго телеканалалъул гьитӏинабго студия гӏадаб бакӏ. Гьениб гӏадамазда цӏехана форумалда тӏасан гьезул пикраби. Гьединго нижецагоги бицана нилъерго ва Москваялдаса рачӏарал журналистазе республикаялъул телевидениялъул хӏалтӏи лъикӏаб рахъалдехун хисиялъе гӏоло РГВКялъ гьарулел ругел хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Нижеца хисун буго телеканалалъул гӏаламатги, ургъулел руго цӏи-цӏиял передачабигун проекталги. Гьаб заман кутакалда хехго хисулеб буго, гьединлъидал кӏвар буго цӏиял технологиязда хадур гъезе, гӏадамазе хӏажатаб пикру битӏун къватӏибе кьезе.\nНилъер республикаялъул хӏакъалъулъ федералияб СМИяздасан квеш бицунеб букӏиналъулги хабар ккана гьаниб. Амма киназдегоги гӏайиб гьабизе бегьуларо. Гьури чӏвачӏого гӏучӏ багъаруларин абухъе, цо-цо мехалъ нилъеразухъаги ккола гьединал санагӏат гьечӏел жал. Тӏадежоялъе гьанжеялдаса анцӏгогӏан соналъ цебеги республикаялда беццилеб хӏал букӏинчӏелъул: къойилго гӏадин чӏвалел гӏадамалги, гьарулел кьвагьиялги.\nГьединлъидал гьанже нилъеда, Да гъистаналъул журналистазда, тӏа даб буго умумузул гӏадатал, унгоунгоял дагъистаниязул цоцаздехунги гьалбадеридехунги букӏунеб недегьаб бербалагьи, республикаялъул жакъасеб гӏумру бихьизабун, хӏакъикъияб Дагъистаналъул сурат бахъизе. Гьеб рахъалъ нилъее туристазги квербакъулеб буго. Чан турист гьаниве вачӏунев вугев ахираб заманалда. Дагъистаналъ жидее гьабураб хинаб асаралъул хӏакъалъулъ бицунебго бицунеб буго гьез интернеталдасан.\nРасул Асад, «Спросите у Расула» абураб тг-каналалъул бетӏергьан:\nГьаб щай хъвачӏеб доб щай хъвараб абун, дидехун пачалихъалъул рахъалдасан лъилниги тӏадкӏалъай букӏинчӏо гьаб тг-канал гӏуцӏаралдаса нахъе. Рукӏуна гӏисибикъинал малъа-хъваял, яги гьаб жо гьадин кьуни лъикӏ ккелилан абулел чагӏи. Гьединлъидал цогидал регионазда дандеккун, нилъер республикаялда рагӏуе эркенлъиялъе квалквалал гьаруларин рикӏкӏуна дица. Гьаниб форумалдаги бицана, къойилго нилъеда бихьулебги буго -кагътида рахъарал газет-журналал, хасго пачалихъиял СМИял дагь-дагьккун гъанкъулел руго интернеталъ. Гьез кьолеб информация кватӏулеб буго. Гӏемерисел чагӏи лъугьун руго блогераллъун. Гьевго чи ккола дунги. Официалиял СМИязул журналистаз гурони, блогераз кинабгӏаги жавабчилъиги тӏаде босуларин, кодобе щвараб информация хъата-масан интернеталда лъун гурониян абураб пикру буго цо-цоязул. Амма дица чанго чиясда гьикъула, цӏехола гьелъул хӏакъикъат. Дирго ракӏчӏараб мехалда гурони Телеграммалдаги лъоларо. Дие информация кьолел чагӏиги жакъа-сон лъарал чагӏи гуро. Чанго соналъ церего лъай-хъвай, гьудул-гьалмагълъи бугел, батӏи-батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадамал ккола. Пуланав чиясда хурхараб хабар къватӏибе бачӏани, тӏоцебе живго гьев чиясулгун бухьен гьабула дица (гьалъул магӏна щибилан гьикъизе). Гьез баян кьуни, тгялда лъелалде, гьесухъе жиндихъего хал гьабизеги битӏула. Гьединго пуланав чиясе жиндирго цӏар бахчизе къваригӏун бугони, гьеб гьариги тӏубазабула дица. Гӏемерисезе бокьулеб гьечӏо цӏарал рехсезе, амма информация щвезе дие кумек гьабула.\n— Мун журналистги гурелъул, гӏадатияв блогер хӏисабалда, дудаго гьел хъулухъчагӏиги, политикалги, машгьурал гӏадамалги божизаризе кин кӏвараб?\n— Гьезда бихьана дун лъилниги заказалда рекъон хӏалтӏуларевлъи, дун лъилниги торгӏо кколев чи гуревлъи. Цо хӏакимчияс дида абуна мун жидее санагӏат гьечӏев чи вугила, амма чороклъиги дулъ бихьичӏилан. Гьединлъидал бачӏун батила дидехун цогидазул божилъиги.\nШамил Ибрагьимов, журналист:\n— Форумалъул хӏасил гьабулеб ме халда информациялъулгун массовиял коммуникациязул министрас журналистазе бицана гьелъул магӏна букӏанин хӏалтӏул цӏи-цӏиял къагӏидабазулгун нужер лъай-хъвай гьаби, улкаялда машгьурал экспертазухъ, медиа-менеджеразухъ гӏенеккизе рес щвейилан.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "15289-untulezul-k-adar-dagl-anigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15289-untulezul-k-adar-dagl-anigi", "title": "Унтулезул къадар дагьлъаниги…", "date": "2021-12-17 07:39:57", "categories": ["med"], "text": "Коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 13 декабралде щвезегӏан Дагъистаналда коронавирусалъ унтун вуго 63384 чи. Гьезда гьоркьоса сахлъана 58484 чи, хвана 3057 чи. 12 декабралда республикаялда 158 чи тӏадеги унтун ватана коронавирусалъ. Гьебго къоялъ больницаялдаса сахлъун рокъоре риччана 116 чи, хвана ункъоял. Пандемия байбихьаралдаса нахъе дунялалдаго коронавирусалъ унтун вуго 281 148 980 чи, гьезда гьоркьоса сахлъана 250 762 432-яв, хвана 5 619 182 чи. ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул ва республикаялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул баяназда рекъон, коронавирусалъул эпидемиялъулаб ахӏвал-хӏал гӏемер хисун гьечӏо. Исана риидалалде дандеккун, цӏиял унтаразул къадар дагьлъун бугониги, сахлъун рокъоре риччалезул къадар цӏикӏкӏунеб гьечӏо. Масала, исана июль моцӏалда къойилго, гьоркьо хъеб хӏисабалда, 197 чи коронавирусалъ унтулев вукӏана, декабрь моцӏалдайин абуни – 158 чи. Коронавирус тӏибитӏиялде данде къеркьеялъул рахъалъ Дагъистаналда гӏуцӏараб штабалъул данделъиялда гьабураб баяналда рекъон, араб анкьалда жаниб коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏана республикаялъул 16 шагьаралдагун районалда. Гьезда гьоркьор руго Болъихъ, Хьаргаби, Гъуниб, Казбек, Гъизилюрт, Унсоколо районалги. Коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏарал районазда гӏураб къадаралда дараби ругищ, гьеб унти тӏатинабиялъул ва сах гьабиялъул рахъалъ кинаб ахӏвал-хӏал бугебали цӏех-рех гьабуна нижеца.\nГӏайшат Мухӏамадова, Унсоколо ЦРБялъул бетӏерай тохтур: «Гӏураб къадаралда дараби руго больницаялда. Унтаразул къадарги цӏакъго цӏикӏкӏараб гьечӏо. Сентябрь моцӏалъул ахиралдаса байбихьун дагьлъун букӏана коронавирусалъ унтаразул къадар. Ахираб анкьалда жаниб дагьабго цӏикӏкӏана унтаразул къадар. Гриппалъ унтун, пневмония лъугьун больницаялде рачӏаразул хал гьабидалги тӏатана коронавирусалъ унтарал цо-цоял. Кинавниги 40 чи вуго коронавирус унти букӏин тӏатарав. Гьезда гьоркьор руго больницаялда регарал гурелги, унтичӏого чорхолъ ковидалъул вирус батаралги».\nМухӏамад Шапиев, Гъуниб ЦРБялъул бетӏерав тохтур: «Гьел руго моцӏалъ цебе нижеца кьун рукӏарал баяназдаса росарал. Хӏакъикъаталдайин абуни нижер больницаялъул инфекциялъулаб отделениялда 10 чи вуго коронавирусалъ унтаразул хутӏун. Лъабго отделение букӏараб бакӏалда кӏигояб къана. Хутӏараб цо отделениялдаги\n10 чи гурони хутӏун гьечӏо. Гьелги захӏматго унтун гьечӏо. Кигӏанги лъикӏаб ахӏвал-хӏал буго районалда гьеб рахъалъ. Коронавирус унти букӏин лъазабулел тесталги руго, хӏажатал дарабиги ЦРБялда гӏураб къадаралда руго».\nГӏагарлъиялдаса бахуна\nРоспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул баяназда рекъон, ноябрь моцӏалде дандеккун коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъун буго Шамил районалда. Араб анкьида жаниб коронавирус унтиялъул цӏияб цониги хӏужа гьечӏо Гӏахьвахъ, Лъаратӏа, Цӏунтӏа ва Чӏарада районазда.\nАраб анкьалда коронавирусалъ унтаразда гьоркьор бищунго цӏикӏкӏун руго 30-59 сонил ригьалда ругел гӏадамал (42,9 процент), 60-65 соназул ригьалда ругел (33,7 процент), 65-ялдаса цӏикӏкӏун сонал рарал (22 процент).\nАслияб къагӏидаялда коронавирус унти бугезда гьоркьор руго хӏалтӏи-хъулухъалда гьечӏел гӏа\nдамал – 48,7 процент, пенсионерал – 19,8 процент, хӏалтӏуда ругел – 18,6 процент. Араб анкьалъ гьарурал цӏехрехазул баяназда рекъон, гӏемерисеб мехалда коронавирус цоцазде бахунеб буго гӏагарлъиялда гьоркьоб — 72,7 процент, хӏалтӏуда — 6,8 процент, гӏемерал гӏадамал данде ракӏарулел жамгӏиял бакӏазда – 20,4 процент, базаразда, тукабазда, рестораназда – 11,4 процент, кверкьовуда, магӏирокъоб – 5,7 процент, бертабалъ – 3,4 процент.\nКоронавирусалъ унтаразда гьоркьоб гьабураб цӏех-рехалда рекъон, гьезул гӏемерисез (79,8 процент) маскаби ххолел рукӏинчӏо ва гӏемерал гӏадамал данделъарал тадбиразда гӏахьаллъулел рукӏана.\nКоронавирусалъул инфекция тӏибитӏиялъул гӏиллалъун рикӏкӏунеб буго эпидемиялде данде гьаризе кколел масъалаби тӏуразаричӏолъи, вакцина гьабулезул къадар дагьаб букӏин. Гӏемерисез кӏвар кьолеб гьечӏо маскаби ххун короновирусалдаса цӏуна-къаялде.\nЦӏияб штаммалде данде\nРФялъул пачалихъияв санитарияв бетӏерав тохтурасул тӏадкъаялда рекъон, 2021 соналъул 15 ноябралдаса байбихьун улкаялдаго Covid-2019 унти тӏатинабиялъе тесталги цӏикӏкӏинаруна. Кинабниги 31528 экспресс-тест гьабун буго республикаялда.\nЧанго улкаялда коронавирусалъул «омикрон» абураб цӏияб штамм тӏибитӏиялда бан РФялде гьеб бачӏинаредухъ «Махӏачхъала» халкъазда гьоркьосеб аэропорталда санитариябгун карантиналъулаб хъаравуллъи гӏуцӏун буго. Гьеб унтул штамм тӏибитӏарал улкабаздаса тӏад руссун рачӏунел гӏадамазулгун профилактикияб, эпидемиялде дандечӏеялъулаб хӏалтӏи гьабулеб буго. «Омикрон» штамм тӏибитӏарал улкабаздаса тӏад руссарал дагъистаниязулъ гьеб вирус бугищали тестал гьарулел руго. Гьеб унти букӏин тӏатарал 14 къоялъ батӏаго чӏезе бакӏги хӏадур гьабулеб буго ДРялъул хӏукуматалъ.\nДРялъул бетӏер Сергей Меликовас 17 ноябралда гьабураб бихьизабиялда рекъон, республикаялъул цо-цо бакӏазде (ресторанал, кӏудиял тукаби ва гь.ц.), коронавирусалде данде вакцина гьабиялъул нугӏ — QR-код гьечӏев чи гьукъулевги вуго.\nАхираб заманалда республикаялда цӏикӏкӏун буго грипп ва ОРВИ унтаби ругезул къадарги. Амма эпидемия лъазабизегӏанасеб къадаралде бахунги гьечӏо. Коронавирусалъ унтаразда гьоркьор чӏахӏияб гӏелалъул гӏадамал цӏикӏкӏун ратани, грипп ва ОРВИялъ унтулел руго 7-14 сон барал лъимал.\nРоспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъ гьоркьоса къотӏичӏого хал гьабулеб буго лъималазул ахазда, школазда, вузазда ва колледжазда. Гриппалъ ва ОРВИялъ унтарал гӏемерлъарал лъай кьеялъул идараби къалелги руго. Араб анкьил ахиралде щвезегӏан лъай кьеялъул 79 идара, карантинги лъун, къана республикаялда. Жакъа къоялдайин абуни жеги 41 идара карантиналда буго.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15291-muftiyasul-khiarakat-nil-ee-barakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15291-muftiyasul-khiarakat-nil-ee-barakat", "title": "Муфтиясул хӏаракат- нилъее баракат", "date": "2021-12-17 07:46:45", "categories": ["history"], "text": "Махӏачхъала-Каспийск шагьранухда, Гӏиса (гӏ.с.) аварагасул цӏаралда бугеб рухӏияб центр базе байбихьана 2015 соналда. Жакъа къоялде Дагъистаналъул Динияб идараялъул хӏаракаталдалъун, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб гьеб бакӏалда гӏемераб хӏалтӏи гьабунги гьабулебги буго. Амма кидаха гьеб бан лъугӏизе кколеб, кинал хӏалтӏаби гьенир гьарун рагӏалде рахъун ругел, гьабсагӏаталда щиб гьабулеб бугеб? Гьел ва цогидал суалазе жавабал кьуна централъе кьучӏ лъуралдаса нахъе гьенир унел хӏалтӏабазе цебехъанлъи гьабулев вугев Султӏан Гӏусмановас.\n— Мажгиталда гьабсагӏаталда унел руго сендвич-панелалъ тӏох бациялъул хӏалтӏаби, — ян бицана С. Гӏусмановас. — Гьеб буго цӏоройхинлъи кколеб, бакъудаса, цӏадудаса хӏинкъулареб материал. Какие чурулел бакӏазул къадал сетка кьабун, грунтовка бахун, хӏадур гьарулел руго рохьизе. Гьелдаго цадахъ, ралъдал рагӏалда бан лъугӏулеб буго кӏудияб «ротонда» абулеб гургинаб мина. Гьенибго буго ралъдахъе хӏухьбахъи гьабизе рачӏаразе машинаби лъезе санагӏатал бакӏал, паркалъул чӏабаралда лъун лъугӏулеб буго плитка ва нухал руго къачӏалел. Мажгиталдаса ралъдахъе щвезегӏан, кӏиябго рахъалдасан хъилги тӏун гьабун буго лъикӏаб, гӏатӏидаб шагьранух, тротуар, къаси тира-сверулезе канлъи букӏине лъун руго чӏахӏиял ва берцинал чирахъал.\nГьединго ралъдал рагӏалда балеб буго сахлъи щула гьабиялъул центр, гостиница. Гьезда сверухъ чӏолел руго астмаялъ унтаразе цӏакъго къваригӏунел Крымалъул накӏкӏигъутӏбиги. Рухӏияб централъул паркалда, аллеялда чӏун руго батӏи-батӏиял берци-берцинал гъутӏби. Цо-цоязда ккезе бегьула гъутӏби чӏей щибго захӏматаб иш гурилан. Амма гьаб ккола бищунго захӏматаб ва сурсат къваригӏунеб хӏалтӏи. Гьаниб сверухълъиялда букӏана хьуцӏ. Нилъеда лъалаха хьуцӏилъ гъветӏ рекӏунареблъи. Гьел ракъвачӏого рукӏине ккани, гьабизе ккана гӏемераб хӏалтӏи. Мисалалъе, дренаж гьабун хьуцӏ бакъвазабуна,\nгьениб букӏарабги нахъе баччун чӏегӏерракьул цӏезабуна сверухълъи. Гъветӏ бижизе ккани, хӏажалъула лъим, гьебги бачана. Централда руго хасалил квач, гӏазу-цӏер хӏехьоларелги гъутӏби. Гьединал нижеца цӏоролелде сверун хьуриги ккун рацулел руго.\nКаспийскиялде унеб шагьранухда бана кьо. Дагьаб цебейин абуни, гьеб кьода гъоркьан гьабураб лъикӏаб нухалъ цоцада бухьинабуна мажгитги ралъдал рагӏалги. Ралъдал рагӏалда рукӏине руго волейбол, баскетбол, футбол хӏалел майданал, тренажеразул бокӏон. Аллеялда велосипед бачунезе гьабулеб буго хасаб нух. Ракӏалда буго гӏолилал спорталде машгъуллъизариялъул мурадгун, цогидалги ишал гьаризе.\n— Гьанир рукӏине ругоха гостиницабиги коммерциялъулал объекталги. Гьениса щвараб хайиралда щиб гьабизе бугеб?\n— Нилъеца бицанаха цо гъветӏ чӏезе, гӏезабизе, гьелъие хъулухъ гьабизе ккани кигӏан захӏмат-гӏакъуба бихьулебали, сурсат къваригӏунебали. Гъутӏбиго гӏадин, «хьихьизе» ккараб гӏемераб магӏишат буго централъул, щибаб жоялда хадуб букӏине кколелъулха бербалагьиги тӏалабги. Мажгит, нухал, паркал, ротонда, скамейкаби, чирахъал ва цогидабги цӏунизе, бека-биххараб къачӏазе, сверухълъи кьищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабизе гӏезегӏан гӏарац къваригӏуна. Гьеб рахъалъ центр жибго жинцаго тӏубан, бетӏербахъи гьабизе бажарулеб хӏалалда бугони, лъикӏаб букӏинаан.\n— Ралъдал рагӏалда балеб ротонда буго Дагъистаналъе хасиятаб гуреб архитектурияб къагӏидаялъул объект. Мажгиталъул рахъалдасан балагьидал, стадионалда релълъун бихьулеб гьениб щиб букӏине бугеб?\n— Гургинаб ва борхатаб гьеб объекталъ диниябгун рухӏияб централда ккола хасаб бакӏ. Ротонда хӏухьбахъи гьабизе рачӏаразегун туристазе диниябгун рухӏияб централъул бищунго бокьулеб бокӏонлъун лъугьине букӏиналда щаклъи гьечӏо. Гьениб ралъдал рахъалдехун гьумералда эхетулеб буго 35 метр борхалъиялъул, тӏасан балагьидал сверухълъиго бихьулеб си. Ротондаялде тӏаде болъого гӏадин букӏине буго инвалидал, коляскабигун улбул рахине санагӏатаб хасаб нухги. Гьелда гъоркь рукӏине руго, чӏахӏиял\nгӏисинал батӏалъи гьечӏого, тӏад рекӏине бегьулел гьулакал, гьенибго бакьулъ бан лъугӏун буго фонтанги. Гьединго ротондаялда цебе гьабулеб буго 150 метралъул халалъиялъул пирс, ай хӏухьбахъулезул рес букӏине буго гьеб манзилалъ ралъдахъе жанирегӏан ине.\n— Кьучӏ лъуралдаса нахъе центр балеб буго Динияб идараялъул хӏаракаталдалъун ва халкъалъул кумекалдалъун. Пуланаб хӏалтӏи жидеца тӏаде босун гьабилин аскӏоре рачӏунел чагӏиго кколарищ? Бизнесменалги бечедал гӏадамалги дагьал гьечӏелъул республикаялда.\n— Гьединалги камилищха. Мисалалъе, Сулейман Керимовас тӏаде босун буго мажгиталъул къадал мармаргьецӏо ккун берцин гьаризе, гьеб жаниса хинлъизабулеб система лъезе, лъим бачине ва гь. ц. Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровасул нухмалъиялда гъоркь рехсарал ва цогидал хӏалтӏаби гьаризе байбихьизе руго мажгиталъул тӏох лъугӏидал. Гьал къоязда рухӏияб централъулги Сулейман Керимовасулги вакилзаби тӏад руссана Мадинаялдаса. Гьел гьенире ун рукӏана Аварагасул (с.гӏ.в) мажгиталъул гордалнуцӏби, тӏох ва цогидабщинаб кин гьабун бугебали балагьизе. Рухӏияб централъул архитектурияб сипат ва дизайн гьелда релълъараб гьабулеб бугелъулха.\nТӏох сендвич-панелалъ бацизе тӏаде босана ДРялъул пачалихъияв секретарь Мухӏамад-Султӏан Мухӏамадовас. Гьезие буго кӏудияб баркалаги. Гьезулго гӏадин бокьарал цогидазулги рес буго центр баялъул хӏалтӏулъ гӏахьаллъи гьабизе. Амма бищунго аслияб кумеклъун ккола ишалъулъ квалквал гьабунгутӏи. Гьединаздаса Аллагьас цӏунаги.\n— 2015 соналдаса нахъе централъе кумек гьабичӏеб, гьаниб хӏалтӏичӏеб росу-жамагӏатго хутӏун батиларо. Ахираб заманалда гьеб рахъалъ ахӏвал-хӏал кинаб бугеб?\n— Гьаб анкьалъ гьаниб хӏалтӏулеб букӏана Хьаргаби районалъул жамагӏат. Бачӏунеб анкьалъ хӏалтӏи гьабизе тӏаде босун буго Унсоколо районалъ. Хасалил хутӏараб кӏиябго моцӏалъ централде хьвадизе руго Махӏачхъалаялдагун гьелда гъорлъе унел поселоказда гӏумру гьабулел гӏадамал. Цӏорорал ва къокъал хасалил къоязда мугӏрузул районаздасаги рикӏкӏад ругел росабалъаги гӏадамал гьанире кинха рачӏинел? Халкъалъ центр баялъулъ руго гӏемерал лъикӏал рахъал. Бищунго аслияблъун ккола щивав чи квалун, бихьун, гьелъухъ рокьи ккей, гьеб лъикӏаб ишалда гӏахьаллъиялъул баракаталдалъун гӏадан битӏараб нухде вачӏин, Аллагьасде гӏагарлъи.\n— Централъул гӏатӏилъи кинаб бугеб? Мажгиталда аскӏобги буго чанго мина, гьениб щиб букӏине бугеб?\n— Диниябгун рухӏияб центр эхетулеб буго 29 гектаралда. Гьелъул 80 процент ккола паркал, скверал, аллеяби. Мажгит сверун рукӏине руго мадраса, школа, ясли-ах, спортивияб комплекс, «Инсан» фонд, Динияб идара ва цогидал учреждениялгун гӏуцӏаби. Киналго объектал рукӏине руго цояздаса цоял берцинал ва цо архитектураги цӏунун рарал. Мисалалъе, республикаялъул муфтияталъул хӏежалъул отделалъул\nбукӏине буго Кагӏбаялда релълъун бараб, тӏад чӏегӏераб цӏер ккураб мина. Гьеб бихьидал, гӏадамазул хӏежалде ине гъира ккеларищ, хирияб ракьалде щваразул рекӏелъ хӏузур цӏикӏкӏинарищ?\nПалхӏасил, кинабго буго халкъалъе пайда букӏин, Аллагьасде гӏагарлъи, нилъер ракьалда баракат рещтӏин мурадгун гьабулеб. Абичӏого гӏоларо, гьаб ккола гьанжеялдаса чанго соналъ цебе Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-афандида гӏумруялде бахъинабизе ракӏалда букӏараб амма ракь гьечӏолъиялъ хутӏун букӏараб анищ.\nСултӏан Гӏусмановасулгун гарачӏвари гьабизе рухӏияб централде щварал нижеда, гьенир гвай бан хӏалтӏулел ратана Хьаргаби районалъул Къудукь, Могьохъ ва Чӏалда росабазул жамагӏатал. Чанго къокъаялдеги рикьун, мажгиталда цоял, ралъдал рагӏалда цогидал, аллеялда лъабабилел бихьинал хӏалтӏулебгӏан заманалда, богорокъор гьезие квен-тӏех хӏадурулел ругоан руччаби. Къудукьа Гӏащат Гӏабдулаевнаялъул рагӏабазда рекъон, гьеб кири цӏикӏкӏараб ишалда гӏахьаллъизе щвей ккола гӏадамасул талихӏ буголъи. «Ниж гьанире щведал тӏоцебесеб иргаялда тира-сверана. Гьаб гьадигӏанго гӏатӏидаб, кӏудияб бакӏ батилин ккунго букӏинчӏо. Кутакалда рекӏее гӏуна централда бугеб берцинлъи ва рацӏцӏалъи, гӏадамалги руго ракӏ рагьарал, лъикӏал. Реццги щукруги Аллагьасе халкъалъ цолъун гьабулеб гьаб хӏалтӏулъ гӏахьаллъизе нижееги рес кьуралъухъ. Гӏарцудалъун букӏа, хӏалтӏун букӏа гьаб бакӏалъе дагьабгӏаги кумек гьабунщиназе гьарула сахлъигун рохел, Аллагь разилъаги киназдасаго», — ян тӏадеги жубана Гӏащатица.\nТемирхан ХӏАСАНОВ"}
{"slug": "15387-tiasiyab-sonalde-byudzhet-k-abul-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15387-tiasiyab-sonalde-byudzhet-k-abul-gabuna", "title": "Тӏасияб соналде бюджет къабул гьабуна", "date": "2021-12-23 20:11:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "22 декабралда тӏобитӏараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда къабул гьабуна тӏасияб соналде гӏуцӏараб республикаялъул бюджет.\nГьелъулъ аслияб бакӏ ккола медицинаялъ, спорталъ, лъай кьеялъ ва социалияб рахъалъ гӏадамал цӏуна-къаялъ.\nЦебесеб нухалда гьеб гьоркьоб лъедал, депутатаз гьарурал тӏасанкӏалъаялги хӏисабалде росанин гьанжеян бицана бюджеталъул, финансазул ва налогазул рахъалъ комитеталъул председатель Марат Ильясовас.\nГьедин, лъай кьеялда хурхун гьарулел харжазе биччазе буго тӏадеги 4,1 млрд гъурущ. Гьелда гьоркьоса 567 млн гъурущ буго мугӏалимзабазе кьолеб мухьалде тӏаде жубазесеб гӏарац, 264 млн гъурущ харж гьабизе буго лъай кьеялъул учреждениязда ремонт гьабизе, 70 млн гъурущ кьолеб буго классалъул нухмалъулезе бачӏунеб гӏарцуда тӏаде.\nСоциалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъе гьарулел харжал рахунел руго 570 млн гъурщиде. Гьелда гьоркьоса 405 млн гъурущ харж гьабизе буго гӏадамазе жанир чӏезе рукъзабазул суал тӏубаялъе. 30 млн гъурущ кьезе буго язихъал хъизамазе цо нухалда кьолеб гӏарцуда тӏаде.\nМРОТалъул роцен 13890 гъурщиде щвезегӏан цӏикӏкӏинабизеги хӏукму ккана гьениб. Сессиялда гьоркьор лъун рукӏана цогидал суалалги.\nНИЖЕР МУХБИР"}
{"slug": "15388-khiikmatab-gunargi-khialkhi-gechieb-kh-ulukh-gi-nasibl-un-batana-due", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15388-khiikmatab-gunargi-khialkhi-gechieb-kh-ulukh-gi-nasibl-un-batana-due", "title": "Хӏикматаб гьунарги хӏалхьи гьечӏеб хъулухъги насиблъун батана дуе", "date": "2021-12-23 20:14:06", "categories": ["insan"], "text": "20 декабралда Россиялда кӏодо гьабула чекистазул къо. Улкаялъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул хъулухъалда батӏи-батӏиял соназда гӏемерав чи хӏалтӏана нилъер республикаялдасаги. Гьезул чангоял церего къаникье ана, гӏемерисел мустахӏикъаб хӏалхьиялда руго, цо-цоял жакъаги хӏалтӏулел руго.\nЖакъа чӏаго гьечӏел, амма гӏемерал соназ КГБялъул гӏуцӏиялда хӏалтӏаразда гьоркьов бищун машгьуравлъун рикӏкӏине бегьула Хунзахъа разведчик-дипломат Гӏабдулхаликъ Хӏажиев. Исана гьев гьавуралдаса тӏубала 85 сон.\nГӏабдулхаликъ Хӏажиевасул хӏакъалъулъ тӏоцебе дида бицунеб рагӏана 2003 соналъ. Жиндирго гӏумрудул хӏакъалъулъ гьес хъвараб «Честь имею!» абураб тӏехьалъул презентация букӏана Махӏачхъалаялда. Доб мехалъ гьеб презентациялде дун ккечӏо, амма чанго соналдасан Гӏабдулхаликъил цӏикӏкӏарав вас Хӏажимурадихъан щвана дие гьеб тӏехь.\nГьесулгун дир лъай-хъвай ккана 2015 соналда. Тӏоцебесеб нухалда вихьулев вугониги, лъимадулаб гӏадатлъиялдалъун гьес дир квер босараб куцалъги ва гьесулгун букӏараб ракӏрагьараб гара-чӏвариялъги хинаб асар гьабурав дир таваккаллъи гӏуна дур инсул гьадинаб тӏехь бугилан рагӏанин, гьеб щвезе рес букӏинародайилан гьесда абизе. Валлагь букӏунебха, дуеги кьечӏеб гьеб жиндие щайилан, магӏаруласе хасиятаб куцалъ гьимулаго абуна гьес. Нахъисеб къоялъ Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда букӏараб данделъиялда кӏалъай букӏана гьесул. Амма жиндие рагӏи кьун президиумалде цеве унев чи, цин залалъув вугев дунги валагьун, дихъе тӏехьги кьун иналъ дагьавги кӏодолъана дие гьев.\nГьедин ккана дирги Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасулги лъай-хъвай. Жиндирго квералъ хъвараб гьесул тӏехьалъ рагьана дие гьев тӏуван.\nБитӏараб бицани, разведчиказул гӏумруялдехун дир кидаго рокьи букӏунаан. Лъимерлъудаго ругьунлъана гӏурусазул машгьурав разведчик Максим Максимович Исаевасул хӏакъалъулъ бицунеб Штирлицил киноялъухъ балагьизе. Балугълъиде вахиндал, щвана дихъе Япониялда хӏалтӏулев вукӏарав цӏар рагӏарав разведчик Рихард Зоргел хӏакъалъулъ тӏехь. Дагьаб хадуб инсуца сайигъат гьабуна 1960-абилел соназда Италиялда «Известия» газеталъул хасав мухбирасул цӏаралда гъоркь хӏалтӏулев вугев цоги гьунар бугев разведчик Леонид Колосовасул тӏехьги. Гьанже лъана Хунзахъа Гӏабдулхаликъ Хӏажиевги. Хундерил тӏалъиялда гӏурав, ракъарал рагъул соназ гӏицӏал хӏатӏалгун школалде векерулев вукӏарав гьесул чанго соналдасан вахъана гьунар бугев дипломат ва разведчик.\nРазведкаялде нух байбихьараб куц\n1963 соналъ ДГУги лъугӏизабун, гьенивго аспирантураялда вукӏарав гьесул цо къоялъ киналго планал хисизарула пуланав чияс. Гьале гьелъул хӏакъалъулъ гьес жиндирго тӏехьалда бицунеб куц: «Дол соназ ДГУялде мех-мехалъ ваккулаан КГБялъул хӏалтӏухъан Сагим Сулейманов. Цо къоялъ гарачӏварулел рукӏаго, гьес дида гьикъана КГБялъул линиялда рекъон Москваялде цӏализе ине бокьиларищан. Гьеб лахӏзаталдаса байбихьун, дир гӏумру тӏубанго хисанин абизе бегьула. Ургъизе заман бугищ дирилан гьикъидал, бугин абуна Сагим Сулеймановас, амма лъиданиги бицунгейила нилъер дандчӏваялъул хӏакъалъулъ. Гьел шартӏал цӏунун дихъа бажаричӏо — рокъове щведал, чӏужуялда ва Казбек районалъул Дилим росулъ хӏалтӏулев вукӏарав вацасда дандбана. Вац дандечӏана, инкар гьабейин тӏаделъана гьев. Гьесул тӏирунчӏеялъ жеги хӏалакинабуна дир пикру. 1964 соналъ, лъиданиги цӏарги бахъичӏого, дун Москваялде ана цӏализе».\nГьенисан байбихьана Хӏажиевасул разведчикасул захӏматаб, ва амма кутакалда интересаб гӏумру. Москваялда КГБялъул тӏадегӏанаб школаги лъугӏизабун, гьев цин лъабго соналъ Дагъистаналда хӏалтӏула. 1969 соналъ бищун бажари бугев ва цеветӏурав хӏалтӏухъан хӏисабалда Москваялде, Ю. В. Андроповасул цӏаралда бугеб Разведовательный институталде цӏализе витӏула. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, цо лъагӏалица КГБялъул тӏоцебесеб бетӏераб управлениялдаги хӏалтӏун, витӏула разведчикасе бищун ва захӏматаб, амма дол соназда бищунго къадруяб пачалихъалде – СШАялде.\nКавказалдаса вукӏин рекӏее гӏечӏеб къагӏида\nДие цӏакъ асар гьабуна тӏехьалда гьес Нью-Йоркалде ине хӏадурлъулев вукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ бицарал мухъаз.\n«Доб мехалъ улка тун къватӏиве унев чияс рахине кколел чанго батӏиял идарабазулгун хасал гара-чӏвариял тӏоритӏулаан, КГБялъул кадровияб аппараталдаса бахъараб, КПССалъул ЦКялде щвезегӏан. Гӏемерисеб мехалъ гьенир рукӏана хӏухьдул гӏадин, бакӏал хинлъизарулелги рукӏун, жидеда кутакалда гӏемер жо лъалеб гӏадин, гӏакъилал куцалги гьарун, рукӏине бокьулел гӏадамал. Гӏемерисеб мехалда гьезда жидедаго тӏинкъги лъалеб батулароан улка тун къватӏибехун бугеб гӏумруги гьелъул гӏадамалги, амма лъалеб ххвел гьабизе бокьулаан цӏакъ.\nРакӏалда буго КГБялъул кадровияб аппараталъул нухмалъулевлъун вукӏарав генерал Сторожевасулгун ккараб кӏалъай. Гьес дида гьикъана СШАялда разведчикасул хӏалтӏи кинан бачинейила дуда ракӏалда бугеб. Дица абуна Вьетнамалъулгун букӏараб рагъдаса хадур СШАялда дагьал гьечӏин президент Р. Никсонил политикаялда рекъоларел гӏадамал. Гьеб гуребги, Америкаялъул халкъ бугин гӏарац хириял чагӏи, гьебги хӏисабалде босун рес бугин гьезулгун хӏалтӏи щула гьабизе. Дида бичӏчӏараб бакӏалдаса гӏебеде, генераласе рекӏее гӏунин ккола дир жаваб, чайцин тӏуна гьес дие ва дун тӏовитӏизе нуцӏил кӏалтӏеги вачӏана. Амма отделалде дун щун вахъиналде тӏад речӏчӏизе къачӏан ватана дир нухмалъулев А. Т. Киреев. Гьес гьикъана щибиланин дуца генераласда бицараб. Сабурго, нижерго букӏараб гарачӏвари рагӏи-рагӏиккун дицаги бицана гьесие. Дир жавабалдаса хадув дагьав гӏодове виччаниги, гьес абуна додинал гӏадамалгун дагьал цере балагьун рукӏине кколин, нилъедаго ракӏчӏун кӏалъазе бегьуларилан. Хадуб бицана щиб ккарабалиги.\nКабинеталъуса дун араб сагӏаталъ, генерал Сторожевас ахӏун буго дир нухмалъулев Анатолий Киреевасухъе гьев гӏолохъанчи цӏакъ живго жиндаго ракӏчӏарав, гӏамал кӏудияв чи вихьулин, гьев СШАялде гурев, Африкаялде витӏизе кколин хӏалтӏизе. Дир нухмалъиялда кӏудияб къо бихьун буго буго СШАялде витӏизе дун нусго чиясда гьоркьоса тӏаса вищарав, цӏакъ тӏадчӏун куцарав чи кколилан гьев генераласда бичӏчӏизабулаго.\nБалагьараб мехалда, гьесие рекӏее гӏун гьечӏо дун Кавказалдаса вукӏин. Амма дида жакъа ракӏчӏун лъала гӏумруялда жаниб дица гьабураб хӏалтӏул цо нусил бутӏацин гьесухъа гьабун бажаричӏеблъи. Гьединал кабинетал хинлъизарулел генералзаби сабаблъун чан чиясул карьераялъе зарал ккараб батӏибатӏиял соназда.\nАхирги нахъа тана ахирисебги «болъодул хӏокӏ». КПССалъул ЦКялъул чагӏазулгун букӏараб хасаб гара-чӏвари ва дицаги хъизамалъги чемоданал «кьолозе» байбихьана халатаб сапаралъе. Цебехун букӏана «город желтого дьявола» — Нью-Йорк (гьединаб цӏар лъун букӏана советиял газетазда дол соназ гьелда). Ункъо-щуго сон гьениб тӏамизе хъван батана къисматалъ дие.\nАмма бажариладай улкаялдаса дунги дидаса улкаги разияб хӏалалъ гьенив хӏалтӏизе. Кӏвеладай партиялъги разведкаялъги дида тӏадкъараб борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазабизе. Гьединал пикрабаз рахӏат толеб букӏинчӏо дие самолеталде вахиндалги».\nЦӏакъ интересаб гӏумру букӏун буго Гӏабдулхаликъил Нью-Йоркалда. Официалияб къагӏидаялъ гьев гьенив лъалаан СССРалъул Къватӏисел ишазул рахъалъ министерствоялъул ООНалда бугеб вакиллъиялда хӏалтӏулев лъабабилев секретарь хӏисабалда.\nГьенив хӏалтӏулел соназда гьесул рес ккана чанго соналдасан жал улкаялъул нухмалъулеллъун рукӏине ругел чагӏигун дандчӏвазе:\nООНалъул штаб-квартира дол соназ релълъун букӏана Нухӏил гамида. Чан батӏияв чи дида гьелъул жанахӏалъув дол соназда дандчӏварав. Чанго батӏияб пачалихъалъул аралги, ругелги, рукӏинеселги нухмалъулел. Ракӏалда вуго доб мехалъ ООНалда СШАялъул миссиялъул нухмалъулевлъун вукӏарав, хадув президентлъун вахъарав Джордж Буш (кӏудияв), лъалесеги лъаларесеги жидерго мацӏалда «хай» абун салам кьезе цӏакъ бокьулаан гьесие. Палестинаялъул нухмалъулев Ясир Гӏарафатги, Ливиялъул бетӏерлъун вукӏарав ва хадув такъсирчагӏазул квердаса хварав Муаммар Къадаффиги. Хадув — Китаялъул президентлъун вахъарав Дэн Сьяопинги».\nЯсир Гӏарафатгун Гӏабдулхаликъ хадув дандчӏвана Ливаналда хӏалтӏулел соназги.\nГӏарабазул ракьалда магӏарулазулги партиялъулги вакил\nЛиваналде гьев витӏана 1980 соналъ, резидентасул заместительлъун. Улкаялда гьоркьоса къотӏичӏого граждан рагъ унеб мехалда ккун вуго гьев гьениве. Анлъго соналъ хӏалтӏун вуго гьеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалда:\n«Ливан — гьеб буго гӏажаибго берцинаб улка. Амма гьеб берцинлъиги улкаялда бугеб парахалъиги теларин, рагъуе къали бухулел чагӏи рукӏиналъ, гӏемерал соназ гьениб къотӏичӏо кьвагьулеб ярагъалъулги рихъулел бомбабазулги сас. Гьениве щварав тӏоцебесеб къоялъ дун ворчӏизавуна минометазгун артиллериялъ кьвагьулеб гӏарадаялъул гъугъаялъ. Гьединаб захӏматаб, хӏалуцараб ахӏвалхӏалалда хӏалтӏизе ккана дун гьенив».\nГьединаб бечедаб, интересаб, кутакалда асар гьабулеб биография буго Гӏабдулхаликъил гӏумруялъул. Гьесул тӏехь дица жакъаги тӏад-тӏад вуссун цӏалула. Щибаб нухалъ гьениб мисал босизе гӏемераб жо батана. Гӏабдулхаликъил хӏакъалъулъ газеталъул цо-кӏиго гьумералда бицун бахъунаро. Хасаб тӏехь хъваниги бегьулеб гӏумру нахъа тана гьес хӏакъикъаталдаги. Мунагьал чурун ратаги, наслабаз мисал босулевлъун ватаги гьев гӏажаибав инсан.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15391-dunyal-sverulago-sanal-anigi-rakial-mun-khunzakh-e-tsialev-vukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15391-dunyal-sverulago-sanal-anigi-rakial-mun-khunzakh-e-tsialev-vukiana", "title": "Дунял сверулаго, санал аниги, ракӏалъ мун Хунзахъе цӏалев вукӏана", "date": "2021-12-23 20:25:32", "categories": ["gara"], "text": "Тарихчи вахъинелъун цӏаларав Гӏабдулхаликъ Хӏажиев 29 соналъ хӏалтӏана КГБялда. Гьелда гьоркьоса 25 сонги къватӏисеб разведкаялда — СШАялда, Европаялда, Азиялда, Африкаялда – ана гьесул.\nГӏабдулхаликъ гӏумруялдаса ватӏалъана 2006 соналда. Гьев вукъун вуго Хунзахъ. Гьеб киналъулго бицунеб буго Гӏабдулхаликъил вас, Москваялда гӏумру гьабун вугев Хӏажимурад Хӏажиевас.\nГьев ккола РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб ДРялъул официалияб вакиллъиялъул жамгӏияб советалъул председатель.\n— Хӏажимурад, дур инсуца чекистасул нух тӏаса бищиялъе гӏилла щиб ккараб? Нужер тухумалда гьединал чагӏи рукӏунищ?\n— Чекистал рукӏинчӏо, амма рукӏана офицерзаби. Дир инсулги эбелалъулги рахъалдаса умумул кколаан дунялалъул тӏоцебесеб рагъул гӏахьалчагӏи. Гьединго инсул эменги вагъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда.\nНижер эмен гьавуна 1936 соналда Хунзахъ. Гьесул эмен – Мухӏамад вукӏун вуго цӏар рагӏарав хьитазул устар. Хьитал гьариялъул рахъалъ республикаялда тӏоритӏулел къецазда цересел бакӏал кколел рукӏун руго гьес. Хасго 1930-абилел соназда Ростовалда руччабазул эгъе борхатал хьитазул фестивалалдаги бергьун вуго. Гьесул чӏужу, нижер кӏудияй эбел, хӏалтӏулей йикӏун йиго колхозалда.\nРагъул байбихьудаго, жиндиего бокьун гӏарзаги хъван, фронталдеги ун вуго инсул эмен. Амма гьесул рес букӏун буго инчӏого чӏезеги, щайгурелъул гьединаб махщалил гӏадамал хӏалица ритӏулел рукӏинчӏелъул гьенире. Тӏадежоялъе, гьитӏинаб ункъо лъимерги букӏун буго гьесул – лъабго васги цо ясги.\nПалхӏасил, рагъде арав кӏудияв эмен тӏокӏалъ рокъове тӏадвуссун гьечӏо. Офицерасул чинги кьун букӏун буго гьесие. Нижеда нахъа гурони лъачӏо гьев лейтенант ва миномёталъул взводалъул командир вукӏаравлъи. Гьебги якъинлъана цо анонимка сабаблъун. Эмен СШАялде разведчиклъун ине хӏадурулеб заман букӏана доб. Халкъалъул тушманасул вас вугин гьевин абун, инсуда тӏасан анонимка хъван батана. Гьеб мехалдалъагӏан араб бакӏ лъачӏого тӏагӏаравин тун вукӏарав кӏудияв эмен взводалъул рагъухъабигун цадахъ Краснодар краялда гӏаммаб хабалъ вукъун ватана инсуда. Гьелдаса нахъе рес кканщинахъе гьенире зияраталъ инчӏого чӏоларо ниж. Эмен вукӏунаан анонимка хъварав чи лъалевани, гьесие баркала кьезе инаанин абун.\nПалхӏасил, дица гьаб кинабго мухӏканго бицана доб цебесеб гӏелалъулъ рагъул хъулухъалдехун букӏараб адаб бихьизабизелъун.\nЭменги нахъа гьечӏого цохӏо эбелалъ гӏезарулел лъимал язихъго рукӏаниги, цӏалул къимат гьабулеб хъизан букӏун буго инсул. Гьедин нижер эменги ДГУялде лъугьун вуго цӏализе. Рокъосан рес букӏинчӏолъиялъ, армиялдасаго бачӏараб гимнастёркаялда гъорлъ хьвадулев вукӏун вуго цӏалуде кӏигониги соналъ. Гьесие тӏоцебесеб костюм щун буго Саратовалда юридикияб институтги лъугӏун, хӏалтӏизе лъугьарав кӏудияв вацас ретӏараб.\nГьедин гӏурал бесдал лъималазе щвана тӏадегӏанаб лъай – бищун кӏудияв вац Загьид хӏалтӏана прокурорлъун, эмен ана органазде, гьитӏинав вац Тӏалхӏатулхайр – милициялде.\nСтудентлъун вугелдаса нахъего нижер инсуе квербакъи щварав чи вуго «Дагэнергоялъул» генералияв директорлъун вукӏарав Хӏамзат Хӏамзатовасул эмен Мухӏамад-хӏажи Хӏамзатов. Инсуца адабалда рехсолаан гьесул цӏар ДГУялъул парторганизациялъул секретарьлъун вукӏарав Мухӏамадхӏажил кумекалдалъун нижер эмен вищун вуго ДГУялъул комсомолалъул организациялъул секретарьлъун.\nГӏолилазул цевехъанлъун кколев ва лъикӏ цӏалулев инсуде кӏвар кьун буго КГБялъул хӏалтӏухъабаз. Амма гьез гьев жидехъего ахӏулев вукӏин лъайдал, Мухӏамадхӏажие рекӏее гӏун гьечӏо, щайин абуни гьесие бокьун букӏун буго нижер эмен партиялъул нухдасан ине, тӏадегӏанав нухмалъулевлъун вахъине.\nАмма кигӏан гьес гьараниги, инсуца хасаб хъулухъ тӏаса бищун буго. Гьедин гьев байбихьуда Дагъистаналда хӏалтӏана, хадув Москваялде вачана.\n— Гьелдаса хадуб кканщиналъул хӏакъалъулъ хъван буго гьес «Честь имею» абураб тӏехьалда. Гьелъул хадусеб бутӏа биччазе ракӏалда букӏанищ гьесда?\n— Букӏинчӏо. Инсуда ракӏалда букӏана жиндирго гьудулзабазул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе. Амма гьелъие гьесул заман гӏечӏо. Вацазул гӏадаб гьоркьоблъи бугев щуго полковник вукӏана, эменги малъун. 1970-абилел соназда къватӏисеб разведкаялда хӏалтӏулел рукӏана гьел. Масала, Китаялда вукӏарав Хунзахъа Чапай Абакаров, Хьаргабиса –Мухӏамад Гӏабдулаев. 1979 соналда Афгъанистаналда гьезул бетӏер Аминил кӏалгӏа бахъулев вукӏаразул цояв кколаан гьев Мухӏамад. Гьениве гьужумалъ иналда цебе гьес инсухъе записка хъван батана жиндие къварилъи ккани, хъизамалъул тӏалаб гьабейилан.\nТалихӏалъ, чӏаго-гӏатӏго тӏад вуссана Мухӏамад гьениса. Багӏараб Цӏваялъул Орденги щвана гьесие. Гьеб мехалда, къвалги бан, инсуца гьесда лъазабуна дуца тӏокӏалъ жиндихъе гьединал запискаби хъвагейила, щайгурелъул жидеца гьадинги тӏалаб гьабилаанила дур хъизамалъул.\nБангладешалда вукӏарав цоги магӏарулав (кисаяли кӏочана) – Нажмудин Гӏабдулаев. Гьел киналго хвана.\nГьезда гьоркьоса гьабсагӏаталда чӏаго вуго Лавашаса даргияв Мухӏамад Сулейманов, бергьун кутакалда лъикӏ лъала гьесда Турция. Рахьдал мацӏ гӏадин лъикӏ лъала турк, ингилис ва магӏарул мацӏалги. Эмен гьевгун магӏарулалъ кӏалъалаан.\n— СШАялда жив тӏатун хадув нужер эмен кутакалда рекӏекълъун вукӏанин, хӏатта тӏубанго разведкаялдасацин нахъе ине къваригӏун букӏанин рагӏана.\n— Доба советияб разведкаялъул иш къватӏиб чӏвараб мехалда «персона нон-грата» абун, хадувккун дозул улкаялда вукӏине бегьуларев чилъун лъазавуна эмен. Гьединлъидал гьев хехаб куцалда Москваялде тӏад вуссине ккана. Гьесда цадахъ вукӏарав гьалмагъ (Энгер) америкаялъулаз дагьаб мехалъ туснахъги гьавун, хадув виччана. Иш гьедин ккезе букӏин хӏаладаго лъараб гӏадин, гьес дораса рокъоре (Москваялде) ритӏун рукӏана ниж – эбелги, дунги, гьитӏинав вацги. Инсуе квербакъулев вукӏарав агент – Мавр, СШАялъул гражданинлъун кколев эрменияв, доз 25 соналъ жанив тӏамуна. 1975 сон букӏана гьеб.\nСШАялъул судалда цеве эхетидал, ккараб-таралдаса жив расги рекӏекълъун гьечӏиланги абун буго гьес.\nГьелдаса нахъе ана гӏезегӏан сонал. Цо къоялъ инсухъе дачаялде щведал, бералги багӏарлъун, цӏакъ рахӏатхун ватана дида гьев. Щибкинин цӏехедал, гьес бицана жакъа телевизоралдасан вихьизавунила дов агент – Мавр — туснахъалдаса къватӏиве виччанилан. Ракӏ-ракӏалъ баркалаги кьун, гьесул квер бачине аскӏов вукӏараваниян абуна инсуца. Тӏири гӏарацги босун рагӏуларо Маврица жинца гьабураб хӏалтӏухъ, гьеб жиндирго ватӏаналъе (Совет Союзалъе) гӏоло гьабунин абун. Херал эбел-эмен рукӏун руго гьесул. Гьабсагӏаталда чӏаго вугищали лъазеги бокьилаан. Хунзахъ нижер рокъоб гьабсагӏатги цӏунун буго дир инсуде гӏайиб гӏунтӏизабун америкаялъулаз СССРалъул МИДалде битӏун бачӏараб документ. Гьелдаса чӏухӏун вукӏунаан эмен.\nФеликс Дзержинскиясдаса байбихьун 1980-абилел соназде щвезегӏан тӏатарал советиял разведчиказул цӏарал рехсараб биццатаб тӏехьги буго СШАялда бахъараб. Эменги вуго гьенив.\nГьелдаса хадув эмен цӏакъ ургъалилъе ккун вукӏунаан, хиянатлъи лъицадай гьабурабин абун. Разведчикасе кидаго интерес букӏуна нилъергун дагӏбаялда, тушманлъиялда ругел улкабазде ине. Гьелдалъун гьесие рес щола живго вихьизавизеги хехго цеветӏезеги.\nАмма живго тӏатун хадуб цогидаб улкаялда хӏалтӏизе бигьа букӏинищха разведчикасе. Гьебго жо ккана инсулги. СШАялдаса нахъе унелъул, гьев вукӏана лъеберилъе вахарав чи. Гьелдаса хадуб Бейруталде ахӏана гьев жиндирго гьудулас. Битӏун цӏа боркьараб рагъ букӏана гьениб (1982-1986 соназда). Разведчик хӏисабалда гьениб дагьабги камиллъана гьесул махщел.\nГьелда гьоркьоса эмен командировкабаз Европаялде, Африкаялде витӏулаан. Масала, Ганна абураб улкаялде гьабураб сапаралдаса хадуб инсуе кӏудияб шапакъатги щун букӏана.\nСоветияб заманалда бахъараб машгьураб фильм буго «ТАСС уполномочен заявить» абун. Гьениб бихьизабулеб буго унго-унголъунги ккараб хӏакъикъияб хӏужа (Африкаялъул цо улкаялда багъа-бачари лъугьинабизелъун ЦРУялъ ургъараб хӏилла тӏатинаби – авт.). Гьеб операциялъулъ гӏахьаллъи гьабун букӏун буго нижер инсуцаги.\nФильм прокаталде биччалалде цин СССРалъул нухмалъулезда бихьизабун буго. Гьелъ гьел гӏажаиблъизарун руго, цинги ЦРУялъул планал хвезарурал киналго разведчикал Москваялдеги ахӏун, шапакъатал кьун руго. Гьеб мехалда ниж эменгун цадахъ отпускалъ Хунзахъ рукӏана. Хехаб куцалда Москваялде щваян ахӏун ана эмен. Гьелъие гӏоло букӏун бугоха. Эмен абуни дагьав рази гьечӏого вукӏана, гьадигӏан лъикӏаб хӏухьбахъиялъе квалквал гьабунилан. Эркенаб заман Хунзахъ базе бокьулаан гьесие.\n— Ясир Гӏарафатилгунги лъикӏаб гьоркьоблъи букӏанинги рагӏана гьесул.\n— Букӏана. Цоцада къвалалги ран рахъарал сураталги руго кӏиязулго. Гьединго руго машгьурал цогидал церехъабазулгун сураталги. Хӏалтӏул ишалъ гьединал чагӏазулгун бухьеналда вукӏине кколаанха гьев. Масала, дагьалъ цебегӏан цо разведчикас бицана нижер эмен кколин «Хезболлах» партиялъул цевехъангун дандчӏварав Совет хӏукуматалъул тӏоцевесев вакил абун. Гӏабдулхаликъ абураб цӏаралдехунги божилъи бачӏун батилаха гьезул. Гьединго дагьа-макъаб гӏараб мацӏги лъалаан гьесда. Гьеб букӏана 1985 соналда Ливаналда СССРалъул ункъо гражданин – кӏиго разведчикги кӏиго гӏадатияв чиги викъараб мех (гьезул цояв хун вуго, лъукъун вукӏун). Михаил Горбачевасул рахъалдаса хъвараб кагъат босун вачӏун вуго эмен «Хезболлахалъул» шайихасухъе. Гӏарабалъ ва ингилисалъ хъван букӏун буго гьеб. Нух лъаларедухъ инсул берал рухьун рукӏараб къагӏидаха. Гьел ричидал, херав шайихасда цеве гӏодов чӏун ватун вуго инсуда живго. Кагъатги цӏалун, гӏицӏго «иншаАллагь» иланги абун, шайих нахъе ун вуго. Ахиркъадги асирал эркен гьарун руго. Бейруталда гьединал лъугьабахъинал гӏемер ккун руго инсул. Тӏаде рехун рачӏунел бомбабазукьа тӏурунги, хӏалица ворчӏун вуго гьев цо чанго нухалда.\n— Хъулухъалдаса хӏалхьиялде индал, сунде машгъуллъун эмен вукӏарав?\n— Гьес хӏалбихьулеб букӏана Хунзахъан депутатлъун вахъине. Гӏезегӏан ракьцоялги рачӏунаан гьесда аскӏоре, жидеца дур рахъкквезе бугилан бицине.\nАмма гьаркьазул хӏасил батӏияб ккун батана. Гьединлъидал кандидатура лъеялдаса ракӏбухӏунги вукӏана – живго вищичӏолъигицин гуреб, гьел гьаркьал рикӏкӏараб къагӏида захӏмалъун букӏана. Амма депутатлъун вахъинчӏониги, депутатасухъе гӏадаб ирга букӏунаан жидерго къваригӏелаз инсухъе хьвадулел гӏадамазул. Гӏемер лъайхъваялги рукӏиндалха гьесул. Бергьун кӏудияб адаб гьабулаан инсуца херал чагӏазулги руччабазулги. Эхеде (Хунзахъе) щвараб мехалда эменгун цадахъ цин ниж раккулаан харабазухъе, хадур щолаан умумузул хабатӏе, ахиралда гурони щолароан рокъоре.\nГӏумруялдаса ун хадуб инсул цӏаралъгицин буго кумек гьабулеб. Гьанир Москваялда цӏалулел студентазул букӏаниги, яги цогидаб хъулухъалъ гьанир ругел ракьцоязул букӏаниги ишаз цо-цо хъулухъчагӏазухъе уна дун. Цадахъго инсул тӏехьги босула сайгъаталъе кьезе. Тӏубазабизе захӏматаб къваригӏел бугилан жавабги щун дун нахъе уна цо-цо мехалда. Амма хадубго дов чияс ахӏун бачӏуна жинца дур инсул тӏехь цӏаланила, гьединлъидал дуе инкар гьабизе кӏвезехъин гьечӏила жинда.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ"}
{"slug": "15392-nutsalzabazul-tarikh-va-giumru-dande-gaburab-mazhmugi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15392-nutsalzabazul-tarikh-va-giumru-dande-gaburab-mazhmugi", "title": "Нуцалзабазул тарих ва гӏумру данде гьабураб мажмугӏ", "date": "2021-12-23 20:29:26", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Гьал къоязда Махӏачхъалаялъул «Россия – тарихияб парк» музеялъуб тӏобитӏана тарихчи ва публицист Маркъо Шагӏбановасул «Аваразул нуцалзаби» абураб тӏехьалъул презентация. Гьенив кӏалъазе вахъанщинас лъикӏаб къиматги кьуна тарихчиясул гьеб хӏалтӏуе. Ислам бачӏиналдего цӏакъго цересел гӏасрабаздаса байбихьун, магӏаруллъиялда рукӏарал нуцалзабазул рагӏа-ракьанде щвараб тарих кьун буго гьелда. Жинцаго Маркъоца бицухъе, 15 соналъ бакӏарун буго гьес гьелъие материал.\n— Амма аслияб куцалда цохӏо гьелда тӏадчӏун дун хӏалтӏана ахи- раб лъагӏелгун бащдаб заманалъ. Циндаго кинабго кодобе щоларе лъул, батӏи-батӏиял хӏужаби, бая- нал ракӏарулаго бана гьебщинаб мех. Гьеб гуребги, гӏемераб заман бана басриял хабалалъ ругел заназда хъвай-хъвагӏаял цӏалулаго, цохӏо нилъер гьанир ругел гуребги, Турциялъул хабзалалъ ругел заназулги гьабуна цӏех-рех. Гьединго батӏи-батӏиял таблицаби гӏуцӏулеб, гьел дандекколагоги цӏакъ гӏемер заман балеб чӏамучӏаб иш букӏиналъ гӏураб заман бахъана. Букӏаниги хӏасил дун разияб ккана, саламатаб тӏехь данде гьабизе кӏвана, — ян бицана Маркъоца.\n— Тӏехь басмаялда бахъанин рагӏидал, ракӏалде ккун букӏана гьениб аслияб куцалъ хунздерил нуцалзабазул хӏакъалъулъ бицу- нел баяназ ккун батилин…\n— Гьениб цохӏо хунздерил тӏалъиялда рахъарал гурелги, тӏолалго авар нуцалбазул тарих кьун буго рагӏа-ракьане щун. Гьенир руго Чачаналда рукӏарал нуцалзабазул хӏакъалъулъ баяналги.\nГӏаммаб куцалъ босани, 26 росулъ ратана гьезул гӏаркьелал. Дица цебехун абухъе, тӏуванго дун гьеб тӏехь данде гьабиялде вуссана ахираб лъагӏалида жаниб. Цӏиял баянал исанаги щвана дихъе. Генеологиялъул формаялда хъвараб тӏехь гьединаб жо букӏуна, тӏаде цӏиял баянал кӏиго-лъабго соналдасан цӏигьаризе кколеб. Гьединаб, дагьаб чӏамучӏаб хӏалтӏиги буго, бугониги, ракӏалде ккола гӏемеравчиясе интерес букӏинин гьелъул, — ин бицана тарихчияс.\nМаркъол цӏияб тӏехьалда хасаб бутӏа ккун буго «Ункъракьалъ- ул нуцалзаби» абураб бетӏералъ. Гьелъие хӏажатал баянал ракӏаризе тарихчиясе кумек гьабун буго Цӏумада районалъул Къедиса жамгӏияв хӏаракатчи Исмагӏил Гъазимухӏамадовас.\nПрезентациялда гьес гьадин бицана гьелъул хӏакъалъулъ.\n— Аслияб куцалда гьезул (Ункъракьалъул) нуцалзабазул чӏей букӏун буго Чачаналъул Шарой районалда. Балагьараб мехалъ рукӏа-рахъиналъул гӏиллабазда бан батилаха, цӏидасан Къедирего нахъруссун руго гьел. Гьеб ккола гӏага-шагарго XVI-XVII-гӏасраби, Шамил имамасул бетӏерлъиялда мугӏрузда гъазаваталъул рагъ ккелалде цебе. Чачаналъе гочи- налдеги Къеди рукӏун руго гьел киналго. Чачаналде гьел гочунел рукӏун руго, дида бичӏчӏараб бакӏалдаса гӏебеде, гьеб хинаб бакӏ букӏиналъ. Кьиндал цӏакъ квачараб бакӏ буго Къеди. Нижер доба абицин буго: «Къеди риидал хан, хасало лагъ вукӏунин», — абун. Риидал тӏабигӏатги берцинаб, гьогьомаб лъикӏаб бакӏ буго нижер мухъ, хасало гьениб цӏакъго цӏорон букӏуна.\n— Нужер Ункъракьалъул нуцалзабазул ахирисев вакил щив вукӏарав?\n— Гьел ккола Чупалав, Сурхай, Алдан, Амирхӏамза ва жеги чанго чиги рехсолел руго дихъе щвараб баяналда. Гьел киналго Кавказалъул рагъул заманалда Шамилил муридзабаз чӏван руго. Гьезул наслаби руго жакъа Чачаналдаги Къедиги. Къеди гьезул хӏатта лъабго гӏаркьелцин буго. Амма Хунзахъан рачӏарал кинал, Къедиса рахъарал киналали мухӏканго чӏезабун гьечӏо, дагь-дагьккун щвелел ратила баянал, — ин абуна Исмагӏил Гъазимухӏамадовас.\nМаркъол ишцояв, ахираб заманалда гьевгун цадахъ гӏемерал бакӏазде сапарал гьарурав, ДНЦялъул археологиялъул ва тарихалъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мухӏамад Шейхмухӏамадовасги гьадинаб къимат кьуна гьеб тӏехьалъе.\n— Маркъогун цадахъ гӏемерал бакӏазде щвана дун. «Нуцалзабазул тарих» тӏехьалда тӏад гьев хӏалтӏулеб куцги бихьана. Битӏараб бицани, гьунар-бажари гьечӏев чияс гьабулеб хӏалтӏи гьеб букӏинчӏо. Гьабуралъе къимат кьезе дун лъугьинаро, гьелъие къимат цӏалдолез жидецаго кьезе тела. Амма дие абизе бокьун буго гьабуралдасаги жеги гьабичӏеб цӏикӏкӏун бугилан. Нуцалзабазул, гьединго магӏарухълъиялъул тарихалда хурхараб гӏемераб документ буго нижеца жеги бакӏарун. Аллагьас хъван батани, гьелги магӏарул мацӏалде руссинарун, басмаялда рахъизе Маркъоеги, гьесие кумекалъе ратизе нижееги тавпикъ кьеги Аллагьас.\nЦоги абизе бокьараб жо, нилъеда гьанжелъизегӏан гӏаданибе бугӏулеб пикру букӏана нуцалзаби ва ханзаби гӏадамазе зулму гурони гьабуларел, гьел хӏатӏакь мерхьунел вахӏшиял чагӏи рукӏанин абун. Гьединаб пикру лъун букӏана нилъер ботӏролъ гӏемерал соназ. Амма тарихиял ва гӏелмиял хӏужабазул аслуялде раккани ва кодоре щварал документазул мухӏканго хал гьабу- ни, бихьулеб буго кинабго нилъеда бицунеб хӏалалда букӏинчӏеблъи. Гӏурусалъ абухъе, тарих цӏидасан хъвазе ккун буго. Гьелда тӏад хӏалтӏулел, ай кьучӏал, ритӏухъал баянал ракӏарулел руго нижги гьабсагӏаталда. Хасго гьелъие кутакалда гъеж гурун буго Маркъоца. Гьев гӏадин макьу, кӏвахӏ тун хӏалтӏулев цоги чи дида лъаларо вугищалиги. Цо-цо мехалъ ккола кьижизецин заман батуладай гьесдайилан. Кида вихьаниги, Маркъо сапаразда, цӏех-рехал, басриял заназул хъвай-хъвагӏаял гьарулев, хӏужаби ракӏарулев вуго.\nАллагьас тавпикъ кьеги гьесие магӏарулазул тарих цӏи гьабизе.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "15394-l-agialil-giuzh-bortsun-rakulel-tsiayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15394-l-agialil-giuzh-bortsun-rakulel-tsiayal", "title": "Лъагӏалил гӏуж борцун ракулел цӏаял", "date": "2021-12-23 20:39:36", "categories": ["magiarukh"], "text": "Цӏи-цӏиял рекӏелгъеял цӏикӏкӏанагӏан хисулел умумузул гӏадатазул пикру гьабичӏого хутӏуларо. Гьел цояз какула — бусурбабазе бегьулеб къагӏида гурин, цогидаз реццула — росу чӏаголъизабулел, рекӏее цӏилъи кьолел гӏадатал ругилан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго, Дагъистаналъул цо-цо росабалъ цӏунун хутӏараб, хасел чӏеялъул сордо кӏодо гьабиялъул. Гьебги букӏуна декабралъул 21-22 къояз. Хасалил бищун халатаб сордоялъ аслияблъун букӏуна росдадаго бихьулеб борхалъуда кӏудияб цӏа бай ва щивасул рокъоб цӏетӏе гьарзаго бакъвараб гьан-бакьалъул хъазан ккезаби. Нижер росдал цӏикӏкӏараз мажгиталда цереги кӏусун хӏисаб гьабулаан бакъ баккулеб, тӏерхьунеб бакӏалъул. Бищунго гьитӏинаб къоялъ, ай хасел чӏараб сордо лъалаан бакъ унеб щобда чӏвараб кӏиго заниялъухъ балагьун. Гьел заназда гьоркьосан гӏодобе бакъ щинкӏараб сордоялде абула кӏодосордойилан. Жидехъ балагьун лъагӏалил гӏуж роцӏинабулел гьел занал жакъа къоялдаги гьенирго руго. Байрамал гьарза гьечӏеб заманалда росуго букӏунаан хӏадурун кӏодосордоялда дандчӏвай гьабизе.\nГодекӏаниб рекӏелгъей\nКӏодосордоялъул тӏоцебесеб, гӏисиназеги чӏахӏиязеги гӏахьалаб ихтилатлъун букӏана гвадали (кӏудияб цӏа бай). Гьелде хӏадурлъи гьабулаан росдал гӏолохъабаз. Къотӏулаан магъилъа цебеккунго балагьун хӏадур гьабураб гъветӏ. Гьеб бехъерхъулаан росдал тӏарада бугеб гохӏде ва гьениб бахъун чӏезабулаан. Гӏисинал лъимал унаан росдал руччабахъе цӏатари балагьизе. Руччабаз цебеккунго хӏадур гьабун букӏунаан заз-хъарахъ гьоркьоб бугеб хер, цӏоросаролъил гӏучӏалъул гулал ва цоги бухӏизе бегьулебщинаб. Гьеб цӏатари рекъезабулаан гӏолохъабаз гохӏда щула гьабураб гъотӏода. Киналго гьидерил росабазул гӏадамал ралагьун чӏун рукӏунаан къо рукӏкӏиналъухъ. Канлъи къотӏарабго цӏа гъолаан. Къец бан, лъилдай бищун кӏудияб цӏадул гӏер букӏунебан, киналго росабаз цоцазда рихьулел бакӏазда ралаан гьелги. Харабаз хал гьабулаан кӏкӏуй кибехун унеб бугебали. Гьеб росдада тӏасан кӏкӏалахъехун унеб бугони, киналго рохулаан бачӏунеб соналъ хӏалухъин бечедаб щвезе бугилан. Хадуб хӏаракат бахъулаан гьеб гъветӏ бегизабизе. Дагьабго чӏурхӏун гуреб щибго лъугьинчӏеб гъветӏ бехъерхъулаан мажгитул кӏалтӏе, ялъуни годекӏанибе. Гьениб гьеб къотӏ-къотӏун гӏисин гьабулаан. Щивав цӏадухъе вачӏунес босизе кколаан цӏа рекӏинелъун гъоркь лъезе кан, бакъвараб цӏулал мачӏо. Гъоркь бакъварабги лъун, тӏад биччараб гъотӏол цӏулги лъун, бакулаан кӏудияб цӏа. Маркӏачӏул какдаса хадур росдал гӏадамал къватӏире рахъиналде гьелъул лъугьунаан рикӏкӏаде хинлъиги канлъиги кьолеб цӏа. Чӏахӏиял тӏингъаз мугъалги хинлъун, цереса цӏадуда роркьулаго цӏвакарал ганчӏазда гӏодор чӏолаан чӏахӏияб ригьалъул бихьинал.\nГьел сардазул сипат-сурат паркъула гьанжеги цебе: годекӏан бакьулъ цӏулал кӏудияб цӏа, зурмил къвакъвади, къолол двари. Сверухъ тӏохаздеги рахун, тӏимгъазулъги рахчун хал гьабун лъимал. Кӏочонаро кополав мугӏалим Расулил кечӏ: «Годекӏанив ганчӏида гӏодов кӏусун вукӏаго…» Такрарлъулел цого рагӏаби чӏамучӏлъун гьесул гьудул Гӏарипица балеб ахӏи: «Ле, Расул, хисизабе гьеб кечӏ!» Расулица цӏидасан байбихьула: «Гӏодов кӏусун вукӏаго ганчӏида годекӏанив…» «Ялъачи, Расул, цоги кечӏго лъаларищ дуда?» «Гӏарип, дуда гьабги лъаларо». «Лъалароха», — ян велъулев Гӏарип. Кеплъун ругониги, бихьиназул кӏалдиса рагӏулареб цониги тохаб рагӏи.\nЦи-бацӏал\nГьебго заманалда, кӏодосордо баркун рукъзабахъе хьвадизе хӏадурлъулаан гӏолохъабазул къокъа. Гьезда гьоркьоре унаан «херав», «хӏама», «бахӏарай», гьей цӏунулев чи ва къокъадул цевехъан. Жиде-жидер хъулухъалда рекъон ретӏа-къанги рукӏунаан гьел. Херасда бегуниса ретӏараб тӏимугъ, халатаб мегеж, кӏудияб гъалараб тӏагъур, «хӏамида» кодор рукӏунаан хулжал, яс цӏунулев чи яргъид гӏуцӏун вукӏунаан. Ясалъул роль хӏазе, берцинго къачӏа-кӏатӏан, гьумерги бахчун, жинс-куц рекъарав гӏолилав толаан. Цевехъанлъунги куц-мухъ хисизабурав, амма щивали ватӏа вахъизе лъалев гӏолохъанчи вукӏунаан. «Бахӏарай» щивали лъазе бокьун, цеве къалев, гьелда квер хъвазе, кӏаз нахъе цӏцӏазе лъугьарав чиясда бадиб рахъул хъат ялъуни гьодилъ тӏил щвезабулаан.\n«Ци-бацӏал» щолаан росдал киналго рукъзабахъе. Щибаб хъизанрукъалда, гьезул рукӏа-рахъиналда рекъараб махсаро-хочӏ гьабулаан гьениб. Рокъосан лъикӏаб кванил махӏ чӏвайдал «хӏама» чехь унтун бугин чӏолаан, хӏамихъего ахӏдон рокъоса гьан щвечӏого къватӏибе билълъунароаан. Кӏодосордоялъ гьабулеб аслияб квен гьанги тӏамун хинкӏал рукӏиндалха, цӏетӏасаго бахъунги унаан гӏолохъабаз бакь. Гьеб кинабго махсаро рихунев чиги вукӏунароан. Гӏемерисел сайигъатги хӏадурун «ци-бацӏал» рачӏиналъухъ балагьун ратулаан, хӏадурун букӏунаан гьезие кьезе пихъ, цӏулакьо ва цогидаб.\nЩварас щвараб маска тӏад ххун, гьурмада лахӏ бахун, рукъзабахъе хьвадулаан гӏисинал васазул къокъабиги. Чӏахӏиял гӏолохъабаздаса балъго, гьезда дандчӏвалареб хӏалалъ рахча-хьвалелги рукӏунаан гьел. Щвараб давлаги цо бакӏалдеги бакӏарун, цадахъ кваналаан гьез.\nРосу сверун чӏахӏиял «ци-бацӏал» тӏад руссун щвелалде чӏобоголъун годекӏанги, тӏеренлъун цӏадул габур батулаан. Сардил бецӏлъиялдаса пайдаги босун, цӏул балагьизе ритӏулаан гӏолохъабаз жидерго къокъацоял. Росдал гӏадамаз кьун щварабщинаб нигӏмат киназдаго гьоркьоб бащадги бикьун, цӏидасан байбихьулаан гӏолилазул рекӏелгъей.\nГьелдалъунги кӏодосордо лъугӏулароан. Годекӏанир тӏоритӏулаан цӏадуда тӏасан кӏанцӏи, бекӏ тӏами ва чанги кополал хӏаял. Кигӏан хъачӏабгицин махсара рихинчӏого, аваданлъиялда сордоги тӏамун, рогьалида руссунаан гӏолохъаби рокъоре.\nРосдал годекӏабахъ рагӏараб тун батӏияб цӏияб хабар лъалареб, къанагӏат гурони газет-журналал, телевизорал гьечӏеб доб заманалда, гӏадамал урхъун рукӏунаан гьеб сордоялъухъ.\nГьанже чӏороголъулел росабазул годекӏаби, чӏунтарал гьоцӏцӏаби урхъун ратила жамагӏат данделъарал тадбиразухъ. Кин бугониги, цо-цо росабалъ цӏакъ кьварун жидерго гӏадатал цӏунулел руго.\nЦӏадуй бетӏер къулун наку чӏваларо\nРабигӏат Къурбанова: «Хасел чӏараб къоялъул къаси гӏадатазда хурхарал чанги тадбирал тӏоритӏула нижехъ. Руччабаз данделъун цадахъ квен гьабула, гьеб кваназеги цо бакӏалде ракӏарула. Миллиял хӏаял тӏоритӏула, хераз гӏолилазе росдал тарихалъул бицуна. Гьеб къоялъ, росу бакьулъ кӏудиял хьагазда гъоркь цӏаялги ракун, мугь белъулеб гӏадатги буго. Гьебги росдаего бикьула, босизе рачӏаралщиназ росу-жамагӏаталъего дугӏа-гьари гьабула. Росдал гӏадамал жеги цолъизарула, гъункизарула гьеб тадбиралъ.\nИсанаги Шамил районалъул Ракьуб росдал жамагӏаталъ цӏакъ берцинго дандчӏвай гьабуна кӏудияб сордоялда».\nХадижат Хӏусенова (Лъахъ): «Бечедаб яшав гьечӏониги, цере гӏадамал рукӏана цоцалъ ракӏжубарал, аваданал. Гьанже гьел гьоркьорлъаби хисулел руго. Гьеб бицинчӏониги, киназдаго бихьулебги буго. Хисун буго кӏодосордо гьабиги, гьечӏо гьелда хурхун гьабулеб аваданлъиги. «Цибацӏалиланги» абун рачӏуна лахӏуца гьурмал релъарал, сипат-сурат батӏабахъизе лъаларел лъимал. Рукъзабахъе хьвадиги, гъоб цебе гӏадаб махсара-хочӏги гьанжесел гӏолохъабазул гьечӏо. Цебе гӏадин, гьангун хинкӏал, пихъ къабуллъулеб гьечӏо гьанжесел лъималазе гӏарац гуреб батӏияб жо босулебги гьечӏо.»\nПатӏимат Хираева (Гьентӏа): «Мисалалъе, гьентӏасез гьеб сордо гьабсагӏатги тӏобитӏула нижеего хасиятаб аваданлъиялда. Хасалихъего данде гьабун букӏуна росдал хобал рацӏцӏараб гӏучӏ-мукъул. Гӏолохъабаз ракӏарула машинабазул басриял бурдул. Гӏисинал васаз, жанибе турутги бугӏун, тӏаде нартги тӏун, хӏадурулаан жидеего маххул банкаби. Цӏаги гъун, тукниялдаги рухьун хьвагӏулаан гьез гьел ракетабиянги абун. Гьанже гьел банкаби хисун руго кьер-кьерал кьвагьулел жалаз, феерверказ. Цӏа бакараб бакӏалдаса, гӏолохъабазул ихтилат гочуна лъилниги рокъобе. Гьениб камуларо кочӏохъабазул, зурма-къалиялъул гӏахьаллъиги. Хӏакъаб жо буго, цӏадуй бетӏерги къулун лъицаго наку чӏвалареблъи. Гьеб ихтилат-хӏаязул зарал гьечӏо я диналъе, яги гӏадлу-низам цӏуниялъе».\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "15472-khiisabal-va-khiasilal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15472-khiisabal-va-khiasilal", "title": "Хӏисабал ва хӏасилал", "date": "2021-12-30 21:09:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏолабго дунялалда ва улкаялдаго гӏадин, ковидалъ унтаразул ва хваразул рахъалъ ахӏвал-хӏал малъичӏого тани, 2021 сон нилъер республикаялъе батӏаго хӏаталдаса ун захӏматаб букӏанин абизе бегьиларо.\nТасдикъ гьаруна ДРялъул нухмалъулевги хӏукуматалъул председательги. Цӏияб соналъул байбихьуданиги тасдикъ гьаризе ратила хӏукуматалъул вакилзабиги. Сергей Меликовас абуна жив цин гьезул хӏалтӏул хӏасилазухъ балагьилин, хадуб къотӏилин хӏукмуян.\nСентябралда бищана ДРялъул цӏияб парламентги (гьенив 33 депутат магӏарулав вуго). ДРялъул Халкъияб Собраниялде борчӏана политикияб лъабго партия. Гьедин 90 депутатасда гьоркьов 69 чи вуго «Единая Россиялдаса», 11 — «Справедливая Россиялдаса», 10 -КПРФалдаса.\nРФялъул Пачалихъияб Думаялдеги вищана Дагъистаналдаса щуго депутат. Гьезда гьоркьов вуго лъабго магӏарулавги –Сайгидпаша Гӏумаханов, Хизри Абакаров ва Гӏабдулхӏаким Хӏажиев. Гьединго рехселин республикаялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумрудулъ ракӏалда чӏарал цо-цо гӏадамалгун хӏужабиги:\nЛъагӏалил ферма\nИсана бищун гӏемер рехсана майнинг-фермаби. Магӏишат гьабиялъул цӏияб къагӏида баккун буго Дагъистаналда, майнинг абун цӏарги лъун, токги бикъун, криптовалюта (электроннияб гӏарац) гьабулеб къагӏида. Ток бикъизе къайи-къоно лъураб бакӏалдаги майнинг-фермайилан абула.\nГьеб рахъалъ нилъер республика СКФОялда тӏоцебесеб бакӏалде бачӏун буго, щайгурелъул исана сон байбихьаралдаса араб анцӏго моцӏида жаниб тӏатинабун буго Махӏачхъалаялда, СулейманСтӏал, Гъарабудагъкент, Мухӏарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб кинабниги 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.\nЛъагӏалил законопроект\nИсана цӏибищараб республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз нахъчӏвана ДРялда казаказда хурхун цебе босун букӏараб законалъул проект. Гьезул рагӏабазда рекъон, казакал Дагъистаналда гьадинги лъицаниги къварид гьарулел гьечӏо. Гьединлъидал гьеб законалъул хӏажалъи гьечӏо.\nГьелда хурхараб суал кьуна дагьалъ цебе тӏобитӏараб пресс- конференциялда жамгӏияв хӏаракатчи Булач Чӏанкӏалаевас ДРялъул нух малъулев Сергей Меликовасе. Гьевги разилъана Дагъистаналда казаказул рахӏатхвезабулеб хӏужа цониги гьечӏолъиялъе, гьез жидерго культураги цебетӏезабулеб букӏиналъе.\n«Кинабгӏаги масъала гьечӏо гьелъул. Гьеб законалъ гӏицӏго тасдикъ гьа булеб буго РФялда казачествоялда хурхун ругел федералиял позициял. Жакъа бугеб жо ккола цо-цо депутатазда гьеб суал битӏун бичӏчӏизабизе хӏакимзабазухъа бажаричӏолъи. Гьединлъидалин гьезда гьелъулъ цо хӏинкъиги бихьараб», — ин абуна Меликовас.\nЛъагӏалил эскиз\nБечедав дагъистанияв Камил Халиловас Лондоналда тӏобитӏулеб аукционалдаса 8, 7 млн гъурщиде босана «Штурм Ахульго» абураб Рубол панора маялъул эскиз. Кватӏичӏого гьес гьеб сайгъат гьабизе буго Дагъистаналъул цо музеялъе.\nХалиловас абуна жив хӏинкъун вукӏанила гьеб эскиз къватӏисеб улкаялде инадайилан. Интернеталда ругел баяназда рекъон, Камил Халилов ккола адвокат ва рестораназул бизнесалъул чи.\nЗ. ХӏАЖИЕВА\nГьале ахиралде щвана 2021 сон. Рукӏун ратила гьелда жанирги рохарал ва гьелдаго цадахъ пашманал къоял. Чанги чиясул гьаризе ракӏалда рукӏарал хӏалтӏаби рагӏалде рахъун, цо-цоял нухдаго хутӏун, лъугӏичӏогоги ратила. Аралъул хӏисабги гьабулел, букӏинеселде планалги гӏуцӏулел ратила нужги.\nЩиб гьабизе кӏвараб исана магӏарухъ? Гьабураб хӏалтӏуда гьоркьоб бищунго ракӏалда чӏараб, ракӏ разияб лъугьа-бахъин кинаб букӏараб? Гьединаб суал кьуна нижеца мугӏрузул цо-цо районазул администрациялъул вакилзабазе.\nШамил\nИсана гьарурал хӏалтӏаби дагьал гьечӏо. Ахираб лъабго моцӏида жаниб рагӏалде рахъаразда гъорлъ рехсезе бегьила, мисалалъе, Гьандихъе унеб нух къачӏай. Гьеб рагьулеб хӏурматияб тадбир тӏобитӏана 26 ноябралда. Гьединго росулъ жаниб бетон тӏун къачӏана киналго нухал.\nТӏидиб росулъ цӏигьабун къачӏана умумузул заманалдаго букӏараб мажгит, гьединго бана гӏолохъабазе футбол хӏазе майдан.\nРайоналъул централде, ай Хӏебде бачунеб буго лъел мухъ. Кӏудиял хӏалтӏаби унел руго гьенир. Исана гьеб бан рагӏалде бахъинчӏо, Аллагьас хъван батани, тӏадеялъул лъугӏизе батила.\nХунзахъ\nЦӏакъ гӏемерал хӏалтӏаби гьаруна исана районалда: мисалалъе, Хунзахъ росулъ 23 километралъул халалъиялда бачана лъел рогӏоро. Гӏарани цӏияб авалги гъорлъе бачун, тӏубанго росу лъедалъун хьезабизе рес кьела гьелъ.\nГьединго Гьацӏалухъ росулъе хъилги тӏун къачӏана кӏиго километралъул халалъиялъул шагьранух. Районалда бищун рикӏкӏад бугеб Гӏочӏло росулъе бахъана 28 миллион гъурщил багьаяб шагьранух.\nГӏараниб кьучӏ лъуна 340 лъимералъе бакӏ бугеб школалъе. Гъоркь рукӏарал чанго школалги цолъизарун, жанир киналго квегӏенлъабиги ругеб, гьединго спортзалги, общежитиеги бугеб школа базе буго гьениб.\nУнсоколо\nЧанго соналъ тӏаса квер босун хутӏараб больницаялде унеб букӏараб нух къачӏана Унсоколо исана, гьединго къачӏана росулъе букӏараб цогидаб шагь ранухги.\nШамилхъалаялда базе буго 300 лъимадуе бакӏ бугеб ясли-ах. Гьединго Майданское, Рихьуни росаби къотӏун газ бачине буго Шамилхъалаялде. Ун соколо ва Генуб росабалъе цӏияб лъел мухъ бачине тендерги бергьун буго. Гьел хӏалтӏаби байбихьизе руго цӏияб соналда.\nТӏун иналда хӏинкъи бугеб нух букӏана Харачӏибе. Гьанже гьенибе бахъизе буго батӏияб бакӏалдаса лъикӏаб шагьранух. Гьаризе ругел хӏалтӏабазе кьучӏ лъуна. Гьел рагӏалде рахъинаризе руго тӏадеялъул.\nГъуниб\nИсана гьабураб бищун кӏудияб хӏалтӏуда гъорлъ рехсезе бегьула Гьонода росулъ цӏияб лъел мухъ бачин. Салтӏа ва Мохӏоб росабалъ цӏидасан къачӏана маданияталъул рукъзал. Гъуниб росулъ бана лъималазе ясли-ах. Гьедин го районалъул щибаб росулъ къачӏана нухал. Рагӏалде бахъинчӏого хутӏана Гъуниб росулъ лъел мухъ баялъул хӏалтӏи.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15473-parakhatab-giumru-va-dinazda-gorkob-rek-el", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15473-parakhatab-giumru-va-dinazda-gorkob-rek-el", "title": "Парахатаб гӏумру ва диназда гьоркьоб рекъел", "date": "2021-12-30 21:16:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 декабралда тӏобитӏана Миллатаздаги диназдаги гьоркьосел бухьеназул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул данделъи. Гьеб нухда бачана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Рамазан Жапаровас.\nДанделъиялда бицана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулги, экстремизмалдегун терроризмалде данде къеркьеялъулги ва 2025 соналде щвезегӏан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб стратегия гӏумруялде бахъинабиялъулги мурадалда гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ.\nРехсараб совет гӏуцӏун буго миллияб политикаялъулъги, миллатаздаги диназдаги гьоркьор бухьенал гьариялъулъги республикаялъул бетӏерасе кумек гьабиялъул мурадалда. Гье лъул хӏалтӏул хӏасиллъун лъугьине ккола Дагъистаналда парахатаб гӏумру букӏинаби, диназда гьоркьоб рекъел чӏезаби. «Нижеда лъикӏ бичӏчӏула диниял хӏаракатчагӏазда цебечӏараб масъала захӏматаб букӏин. Гьелдаго цадахъ кӏудияб адабгун къадру-къимат кьола халкъазда гьоркьоб вацлъи щулалъиялъул мурадалда гьез гьабулеб хӏаракаталъе», ян бицана Рамазан Жапаровас, данделъи рагьулаго.\nДанделъиялда аслияб кӏалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги рахъалъ министр Энрик Муслимовас.\n«Щаклъи гьечӏо — Ибрагьим аварагасдасан бачӏараб лъабабго диналъ малъула лъай бугеллъунги, рахӏму-цӏоб гӏатӏидаллъунги ва сабураллъунги рукӏине, гьез кумек гьабула жагьиллъиялдасаги, экстремизмалдасагун терроризмалдасаги, такъсирчилъиялдасаги, наркоманиялдасаги ва цогидалги заралиял пишабаздасаги рикӏкӏалъиялъе. Гьеб рахъалъ министерствоялъги цогидал пачалихъиял идарабазги кидаго рахъкквезе буго диниял гӏуцӏабазул» ан бицана гьес.\nГьесул кӏалъаялда тӏасан баяналгун церерахъана ДРялъул муфтияталда цебе гӏуцӏараб Цолъизабураб исламияб гӏуцӏиялъул председатель Мухӏамад Майрановги, Килисаялъул жамгӏияталъулгун ва СМИязулгун бухьенал гьариялъул рахъалъ епархияталъул отделалъул нухмалъулев, иеромонах Иоаннги (Анисимов), ДРялъул Ягьудиязул диниял гӏуцӏабазул цолъизабураб идараялъул нухмалъулев Валерий Дибияевги. Гьез бицана миллатаздаги диназдаги гьоркьоб рекъел цӏуниялъул мурадалда жидежидер гӏуцӏабазги пачалихъиял идарабазги гьарурал цадахъал тадбиразул хӏакъалъулъ.\nЭнрик Муслимовас данделъиялда бицана 2025 соналде щвезегӏан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб политикаялъул стратегия гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда 2021 соналда тӏоритӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ. Тасдикъ гьабуна тӏасияб соналда гьаризе ругел тадбиразул план.\nМинистрасул ишал тӏуралесул докладалда тӏасан пикраби загьир гьаруна «Дагъистаналъул руччабазул союз» жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Интизар Мамутаевалъги, ДФИЦалъул Этнополитикиял цӏехрехазул регионалияб централъул директор Руслан Абакаровасги, Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулги инсанасул ихтиярал цӏуниялъулги рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул председатель Зикрула Ильясовасги, ДГУялъул юридикияб институталъул директорасул заместитель Мухӏамадзапир Гӏабдулаевасги.\nМадихӏат ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "15474-mesedil-tsium-2021", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15474-mesedil-tsium-2021", "title": "«Меседил цӏум-2021»", "date": "2021-12-30 21:18:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 декабралда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана журналистазул «Меседил цӏум» абураб премия кьеялъул тадбир.\nЖурналистазда Цӏияб сонги баркун, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас киназего лъикӏабщинаб гьарана. Гьелдаса хадуб кьуна «Россиялъул Журналистазул союзалъул къадруя лъул гӏаламатал». Гьезие исана мустахӏикълъана «Дагъистан» ГТРКялъул директор Луиза Гӏалихановаги, гьебго компаниялъул хӏалтӏухъан Байзат Гӏабдусамедоваги, «Будни района» абураб газеталъул бетӏерав редактор Асадулла Хӏажиевги, «Дагъистан» ГТРКялъул директоралъул заместитель Салам Хавчаевги, журналист Хамис Шамиловаги, «Будни района» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Шигьав Каирбековги.\nКьуна РФялъул Журналистазул союзалъул хӏурматалъул грамотабиги: «Дагъистан» РГВКялъул генералияв директорасул заместитель Гӏайша Хӏусеновалъеги, гьелъулго художествияб вещаниялъул директор Зарипат Яхӏяевалъеги, мухбир Патӏимат Бурзиевалъеги; «Ёлдаш» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Гӏабдулгъапур Салимурзаевасеги, «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул бетӏерай редактор Наида Керимовалъе ва жавабияй секретарь Ажа Гӏабдурахӏмановалъе; «Хӏакъикъаталъул» отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъеги, «Замана» газеталъул маданияталъул отделалъул редактор Патӏимат Къурбановалъеги, «Нур» газеталъул мухбир Наргиз Хӏамзаевалъеги; «Дагъистан» ГТРКялъул хасай мухбир Хатима Нисредовалъеги, миллияб вещаниялъул мухбирзаби Луиза Бицимазаевалъегун Салимат Гюлмухӏамадовалъе.\nГьоркьор течӏо «Орленок Дагестана» газеталъул мухбирзабиги. Хӏурматалъул грамота кьуна Мераб Харбедиае, Садия Абутаевалъе ва Ражаб Хӏасбулатовасе. «Меседил цӏумалъул» лауреаталлъун рахъана: Сагӏид Ниналалов, Фериде Гӏалипулатова, Салихӏат Мухӏамадова, Наира Рамазанова ва «Нур» газета.\nБаркула ишцоязда шапакъатал."}
{"slug": "15477-nusgo-son-barab-giolilazul-gazeta", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15477-nusgo-son-barab-giolilazul-gazeta", "title": "Нусго сон бараб гӏолилазул газета", "date": "2021-12-30 21:33:28", "categories": ["gara"], "text": "Исана 100 сон тӏубана «Молодёжь Дагестана» газета къватӏибе биччазе байбихьаралдаса. Гьал къоязда гьеб кӏодо гьабизе данделъун рукӏана батӏи-батӏиял соназда гьенир хӏалтӏарал журналисталги гьезул гьудулгьалмагъзабиги.\nБайбихьуда «Молодой дагестанец» абураб цӏаралда гъоркь Буйнакскиялда къватӏибе биччалеб гьелъул бетӏерав редакторлъун вукӏун вуго Самуил Эпштейн. Хадуб, «Дагестанский комсомолец» абун цӏарги хисун, 1932 соналда Махӏачхъалаялда биччазе лъугьана. Цо-цо гьурмал магӏарул ва лъарагӏ мацӏаздаги риччалаан.\nЛъагӏалидасан цӏидасан хисана «Комсомолец Дагестана» абун цӏар. 1990 соналда цӏар лъуна «Молодёжь Дагестана» абунги.\nСамуил Эпштейнидаса хадуб газеталъе нухмалъи гьабуна Александр Грачица, Феликс Астратьянцица, Хӏажи Гӏариповас, Иззат Гӏалиевас, Татьяна Ворониналъ, Хӏажи Гӏабашиловас, Шамил Гӏабашиловас ва Гӏабаш Гӏабашиловас.\nГьабсагӏаталда гьелъул бетӏерав редактор ккола Рамазан Ражабов. Юбилейги хӏисабалде босун, газеталда тӏасан гьадинаб гара-чӏвари ккана гьесулгун нижер.\n«Тусовка» хисун -соцсетал\n— Рамазан, гӏолилазул абун цӏар бугониги, газеталда политика цӏикӏкӏун букӏуна…\nЖамгӏиябгун политикияб ва пачалихъияб басма хӏисабалда нижеца хъвазе ккола политикаялъулги, экономикаялъулги, гӏолилазулги хӏакъалъулъ. Газеталда гӏицӏго гӏолилазул хӏакъалъулъ макъалаби рахъизе кколин абураб пикру мекъаб буго. Гьеб ккола гӏолилазе гьабулеб газета, ай нижеца хъванщинаб жо гӏолилазе пайдаялъе хъвала. Политикаялъулги, экономикаялъулги, ЖКХя лъулги, ричӏчӏизе захӏматал цогидал темабазулги хӏакъалъулъ хъвала гӏолилазда бичӏчӏулеб куцалда. Масала, хӏукуматалъ гьабулеб хӏалтӏи кинаб бугеб, сундуе гӏарац харж гьабулеб, Махӏачхъала шагьар лъедалъун лъица ва кин хьезабизе кколеб, рищникъул кин бакӏарилеб абурал суалазе жавал кьезе ккола гӏолилазул мацӏалда, канцеляриялда хӏалтӏизарулел рагӏабаздаса инкарги гьабун. Гьел материалалги нижеца лъола гӏолилазда гьоркьор машгьурал Инстаграмалда, Телеграмалда, сайталда. Кагътида бахъараб газеталъул макъалаби моцӏида жаниб микьазарго чияс цӏалула (2000 экземпляргун щибаб анкьие биччалеб ункъабго номер). Телеграмалда абуни, моцӏида жаниб нижер каналалде ваккула 650 азарго чи. Инстаграмалъул, Телеграмканалалъул, сайталъул, жибго газеталъул цӏалдолезул 58 процент буго 35 сон бачӏел гӏолилазул. Хадусеб аудитория ккола 3545 сонал рарал гӏадамал.\nНижеда ракӏалда буго хадубккунги гӏолилазде кӏвар кьезе. Бокьун буго автомобилазда, технологиязда хурхарал рубрикаби рагьизеги.\n— 1990-абилел соназда гӏолилазда гьоркьоб машгьураб рубрика букӏана «Тусовка».\nДоб мехалда соцсеталги телефоналги рукӏинчӏого, гьенире руссун рукӏунаан щиб букӏаниги бицине, къватӏибе гьурщизе бокьарал гӏолилал. Гьединлъидал гьанже газеталда гьеб гьумер цӏигьабиялъул магӏна гьечӏо.\nФутболги Супер-Магаги\n— Гьабсагӏаталда кинал темабазда хъварал макъалаби гӏолилаз цӏикӏкӏун цӏалулел?\nДида халлъана футболалъул хӏакъалъулъ нилъер газетаз дагь хъвалеб букӏин. Амма нижер редакциялда руго гьелъул магӏна бичӏчӏулел журналистал – дир заместитель Альберт Мехтиханов ва Ислам Абакаров.\nДирго рахъалъ абуни, Европаялъул футбол цӏикӏкӏун бокьула. Гьединлъидал дида ккана цогидазеги кӏвар бугодайин гьеб нилъер футболалъул. Бугин бичӏчӏизабуна дида нижер журналистаз. Футболалъул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби гӏемерав чияс цӏалула (хасго Россиялъул премьерлигаялда бищун лъикӏав бомбардирлъун «Анжиялда» вукӏарав футболистги вугеб, «Анжиялъул» капитан машгьураб цогидаб клубалдеги ахӏулеб мехалда).\nГьединго нижер программистас дида бихьизабуна газеталъул сайталда бищун цӏалараб щуго макъала. Гьезул лъабгояб буго футболалъул хӏакъалъулъ.\nНилъер гӏолилазе бокьулеб буго жидерго кьерилазул хӏакъалъулъ цӏализеги. Нижеца тӏоцебесеб гьумералда лъун букӏана «Dota 2» абураб компьютеразул хӏаязул халкъазда гьоркьосеб турниралда бергьарав Дагъистаналдаса Мухӏамад (СуперМага) Халиловасул хӏакъалъулъ макъала. Гьединлъидал дица цо журналистасда тӏадкъан буго хас гьабун лъай кьеялъул (яслиахазул, школазул, вузазул) хъвазе.\nПропусказухъ бакӏарулеб гӏарац\nГьабсагӏаталда нижеца балагьулеб буго республикаялъул вузазда дарсал гьоркьор риччарал студентазухъа гӏарац бакӏариялда сверухъ информация. Гьоркьор риччарал\nдарсазухъ терминалалдасан гӏарацги рехун, чек бихьизабурал студентал лъала нижеда. Гьел хӏужаби руго нижехъ. Амма гьеб хабар битӏараб бугищилан вузазде кӏалъайдал, гьечӏинги абун, цӏакъ рахӏатхун лъугьана гьезул вакилзаби.\nОГЭЕГЭялъул хӏакъалъулъ макъа лаби рокьулел руго гӏадамазе. Гьелда бан исана нижеца риччана «Поступай правильно» абурал тӏеренал тӏахьал. Цӏализе лъугьунел гӏолилазда гьоркьор гьел чӏорого рикьулелги рукӏана. Нижер журналистаз гӏадатияб мацӏалдалъун хъван буго гьениб гьанже модаялда кинал махщелал ругелали, щиб вузалда кинал бигьалъаби, бонусал ругелали, экзаменалда цере ургъалилъе ккунгутӏиялъе щиб гьабун лъикӏали. Гьединго цӏалудехун Хӏабиб Нурмухӏамадовасул бербалагьиги рехсон буго. Гьелдаго цадахъ вузазе реклама гӏадаб жоги гьабун, нижеегогицин дагьамакъаб гӏарацги щвана, гӏолилазе пайдаги ккана гьелъул. Автомобилазда хурхарабщинабги гъираялда къабул гьабизе буго гӏолилаз. Амма рагӏаракьанде щун гьелъул хӏакъалъулъ хъвалев чи щолев гьечӏо нижехъе. Гӏицӏго машинабазул бицун тӏураларо гьенир.\nМашинаби кир ва кин ричахисилел, къачӏалел, автокредитал кин тӏалаб гьарилел, страховка кин гьабилеб, закона лъулъ хисабасиял кинал ругел, шофер ГИБДДялъул хӏалтӏухъанасда кин кӏалъазе кколеб абурал суалазе жавабал ралагьулев журналист къваригӏун вуго.\nЖидецаго ургъарал гьукъа-къаял\n— Пачалихъияб СМИ хӏисабалда, тӏасахун гьабулеб цензура халлъанищ дуда? Яги тӏоцебесеб гьумералда чара гьечӏого республикаялъул нухмалъулел рукӏине кколин абураб тӏадкъай букӏунищ?\nБукӏунаро, киданиги букӏинчӏо гьединаб жо. Цоцо мехалда рес буго вакцинация гьаби гӏадал хӏажатал масъалабазде кӏвар кьун гьечӏин абизе.\nБокьараб СМИялда букӏуна цензура. Пачалихъияб гуреб, хасаб бетӏергьанлъиялда бугеб СМИяздаги букӏуна гьеб – гьелъие гӏарац биччалев чияс бихьизабула щиб хъвалебали. Амма хас гьабун нужеца гьалъул хъваге, долъул хъвайин нижеда абулев чиги вукӏунаро. Щайин абуни газеталъ кьолболъе раккун политикаялъул хӏакъалъулъ хъваларо. Нижер цӏал долезул тема гуро гьеб. Аслияб куцалда хъвала социалиял масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал батила цензураги халлъичӏеб.\nДун «Новое делоялдаса» вачӏиндалха гьаниве, гьединлъидал дораго гӏадал суалал рорхизе лъугьиндал, нилъеца бегьиладай гьелъул хӏакъалъулъ хъвазеян, дун «цӏодор гьавизе» байбихьулаан гьаб газеталъул цоцо хӏалтӏухъабаз. Щай гьеб бегьуларебан дицаги гьикъулаан. Пуланаб масъалаялъ гӏадамазе рахӏат толеб батичӏони, гьаб жо гьадин бугилан бицине бегьунгутӏиялъул магӏна щиб? Гьединлъидал дида ккола цензураги гьукъакъаялги цоцо чагӏаз жидецаго жидеего ургъулел жал ругилан.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "15478-barakatab-batagi-2022-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15478-barakatab-batagi-2022-son", "title": "Баракатаб батаги 2022 сон!", "date": "2021-12-30 21:42:44", "categories": ["barkiyal"], "text": "ХИРИЯЛ МАГӏАРУЛАЛ!\nАхиралде щвана 2021 сон. Кинабха гьеб букӏараб нилъее ва Дагъистаналъул цогидалги халкъазе? Гьеб рахъалъ хехго рекӏелъе бачӏунеб аслияб пикру загьир гьабуни, баракат бахъараб сон букӏанин абизе бегьиларо. Нилъер миллаталъулги гӏемерал сахал васалги ясалги, коронавирусалъул унти ккун, дунял тун араб соналде дандеккун, гьеб унти дагьабго нахъбекизабизе бажарараб сонгӏаги букӏана. Гӏадамазулъ рекӏел щулалъи цӏикӏкӏана, гӏумруялде шавкъ бижана, Бетӏергьанасе щукруги гьабун, бигьаяб гьечӏониги, букӏинеселде божилъи гьабизе рес щвана. Тӏубараб гӏасру ана ва мустахӏикъаб къагӏидаялда дандчӏвай гьабуна Советияб Социалистияб Дагъистаналъе автономия кьураб лъугьабахъиналда. Нилъ чиясул ракӏ къварид гьабулел тӏабигӏиял балагьазде, балагьаразул бербахилаб бечелъиялъул къорикье ккечӏо, инсанасул напс хӏакъирлъулеб къварилъи-мискинлъиялдасаги цӏунана къисматалъ. Россиялъул Федералияб бюджеталдаса бищунго гӏемер гӏарац щваразда гьоркьоб букӏана унеб бугеб соналъ Дагъистанги. Гьедин ва нилъерго мисалияб хӏалтӏул хӏасилалда дагьабго лъикӏлъана гӏумру гьабиялъул даражаги. Гӏадада гуре лъул магӏарулаз абулеб: «Меседалдаса меседил кверал лъикӏилан». Лъикӏаб рахъалде хисулеб бугин абизе бегьула миллаталъул адабияталдехун бугеб бербалагьиги. Тӏаде щвараб цӏияб соналда магӏарулаз кӏодо гьаризе руго Къудукьа Мусалав гьавуралдаса 370 сон, Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса 145 сон, Машидат Гъайирбеговалъул 95 сон, Гӏадало Гӏалиевасул, Гӏабасил Махӏамадил ва Фазу Гӏалиевалъул 90 сон тӏубай гӏадал ва цогидалги миллаталъе кӏвар бугел лъугьа-бахъиналги. Жидер рухӏал алжаналъур ратаял Сайидмухӏамад-хӏажил, Сагӏид-апандил ирсги цебе бачунаго, да гъистаниязул гӏумруялъулъе дин гъва ридго лъугьиналъе, инсанасулъ иман тӏинкӏиялде Ахӏмадхӏажи шайиха сул бетӏерлъиялда гъоркь гъеж гурараб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъги. Цӏияб 2022 соналда киналго дагъистаниязе, магӏарулазе гьарула жалго разияб сахлъи, талихӏаб гӏумру, хӏалтӏулъ ва цӏалулъ бергьенлъаби. Биччанте цӏияб соналъ щивав магӏаруласулъ цӏияб гъира бижизе миллаталъул мацӏги, яхӏги, махӏги, гӏамалги, гӏадатги ясбер гӏадин цӏунизе.\nКӏудияб адаб-хӏурматгун бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Зикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "15521-rosabazul-administratsiyal-k-aze-res-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15521-rosabazul-administratsiyal-k-aze-res-bugo", "title": "Росабазул администрациял къазе рес буго", "date": "2022-01-13 08:38:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 январалда тӏобитӏизесеб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда гьоркьор лъезесел суалазул цояб ккола росабазул администрациял къаялда хурхараб законалъул проект («Об отзыве на проект федерального закона № 40361-8 «Об общих принципах организации местного самоуправления в единой системе публичной власти»).\nДепутатаз гьеб къабул гьабуни, республикаялда къала 700 муниципалитет. Аграрияблъунги рикӏкӏунеб, бащдаб халкъалъ магӏарухъ гӏумруги гьабулеб нилъер гӏадаб бакӏалда росабазул бегавуллъиялде нуцӏа къани, лъикӏищ-квешищ ккелебали лъаларого, дагӏба-рагӏиялда руго интернеталдасан хъвадарулел нилъер ракьцоял.\nМасала, цо-цояз рикӏкӏунеб буго бюджеталъул гӏарац тӏокӏ гьабиялъул мурадги багьанаде бачун, гӏадатиял гӏадамазе зарал ккезе бугин. Гьединго гӏиси-бикъинал рукӏаниги хъулухъаздаса махӏрумлъизехъин руго росабазул гӏадамал.\nЦӏар рехсезе разилъичӏев цо магӏарул районалъул администрациялъул хӏалтӏухъанас загьир гьабуна гьеб законалъул проекталда тӏасан жиндирго пикру.\n«Квешаб бугониги, лъикӏаб бугониги, гӏадлу-низам буго цӏакъаб жо. Амма гьеб гӏадлу букӏиналъе росабазул бегавулзабаз гьабулеб хӏалтӏи мукъсанаб буго. Гьезул гӏемерисез бихьизабулеб гьечӏо жидее законалъ кьун бугеб къуват, щайгурелъул муниципалияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ лъайги бажариги гьечӏел чагӏи рищулел рукӏун гьенире.\nХас гьабун муниципалияб хъулухъалъеги цӏаларал, законалги лъалел чагӏи рищизе ккола бегавулзабилъун.\nБакӏалъул нухмалъиялъул рахъалъ федералияб законалдалъун пачалихъалъе бокьун буго жиндирго кверщелги тӏалъиги щулалъизабизе. Амма росабазул бегавулзабазда хурхарал пунктал руго гьенир бищун загӏипал, чӏемегӏал бакӏал. Ругониги, букӏине кколеб куцалда гьел хӏалтӏизаризе тӏамизе кӏолеб букӏинчӏо тӏадехунисел идарабазда. Гьанже гьел гьоркьоса нахъе рахъани, лъикӏлъизе бегьула нухмалъи гьаби.\nБегавулзабазул хъулухъал къанилан расги хвезе жо гьечӏо. Гьез кьолел справкабиги цогидабги МФЦялдасанги щола. Гьадинги ракьуда хурхарал суалал гурони хутӏун гьечӏо гьанже росабазул администрациязухъ», — ин бицана гьес.\nГьеб закон къабул гьабиялдалъун иш кин ккелебали жеги чӏванкъотӏун лъаларин, гьеб гӏицӏго заманаялъ бихьизабилин абуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, улкаялъул цогидал регионазда гьеб цебего къабул гьабун буго.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "15522-bukharayalde-rorzhine-rugo-shchibab-ankal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15522-bukharayalde-rorzhine-rugo-shchibab-ankal", "title": "Бухараялде роржине руго щибаб анкьалъ", "date": "2022-01-13 08:45:01", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул аэропорталдаса гьанже роржине бегьула Бухараялдеги. 20 январалдаса байбихьун гьенире рорженал гьаризе руго Red Wings авиакомпаниялъ. Узбекистаналъул некӏсияб шагьар Бухараялде самолетал роржине рукӏин гӏемерав чиясе рекӏее гӏун батилин ккола. Анкьида жаниб цо нухалъ гьенибе сапар гьабизе рес буго гьанже бокьарав чиясул.\nМахӏачхъалаялдаса Бухараялде самолет боржине буго сагӏат щуго тӏубазе анцӏго минут хутӏидал. Нухда базе буго кӏиго сагӏатгун 25 минут. Нахъруссун Махӏачхъалаялде Бухараялдаса роржине руго къаси сагӏат анцӏила цоялде бащдаб хӏалтӏидал.\nГъоркьиса хаслихъе цӏияб терминал рагьана Махӏачхъалаялъул аэропорталда. Гьелъ рес кьуна халкъазда гьоркьосел цӏиял авиарейсал гьаризе."}
{"slug": "15523-khalatal-avtobusal-khvasar-garuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15523-khalatal-avtobusal-khvasar-garuna", "title": "«Халатал» автобусал«хвасар» гьаруна", "date": "2022-01-13 08:46:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялда №44 маршруталда ва гьединго Каспийск шагьаралде гӏадамал раччулел автобусазул хӏалтӏи цӏи гьабизе бугин лъазабуна хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас. Хас гьабун гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъи тӏобитӏана хӏукуматалъул минаялъуб.\nГьелда цеве, республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул тӏадкъайги тӏубазабун, 5 январалда МПАТП-2 гӏуцӏиялде щун, гьенив хӏалтӏухъабазулгун гара-чӏвари гьабуна Гӏ. Гӏамирхановас. Тӏаде налъиги ккун, ахирги банкроталде ккун букӏана гьеб предприятие. Гьениве щун хадуб, кин-щибали цоцада дандги бан, хӏукму ккана заманаялъ гьел автобусал ижараялъ ООО «Каспийское АТП» идараялъухъе кьезе.\nГьаб анкьида жаниб кӏиябго маршруталда автобусал хӏалтӏизе риччазе ругин лъазабуна премьер-министрас.\nГьел автобусал республикаялде рачӏана 2014 соналъул февралалда. Гьезул 20-яб Махӏачхъалаялда жаниб ва 40-яб Каспийск-Махӏачхъала маршруталда хӏалтӏизе риччан рукӏана. Байбихьуда киналго разиги рукӏана, учузаб багьаялде, Махӏачхъалаялде ва гьениса тӏад руссунги ине щолеб бугилан. Амма дагь- дагьккун гьезул хӏалтӏулъ гӏунгутӏаби загьирлъана. Гӏемерисел автобусал хун, къачӏачӏого гаражалдаго чӏун хутӏун рукӏана."}
{"slug": "15524-pensioneraze-mugal-tsiikikiinaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15524-pensioneraze-mugal-tsiikikiinaruna", "title": "Пенсионеразе «мугьал» цӏикӏкӏинаруна", "date": "2022-01-13 08:47:59", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Цӏияб соналъул январалдаса бай- бихьун республикаялда вугев 437 000 пенсионерасе цӏикӏкӏинабизе буго пенсия. Гьединаб баян кьуна гьал къоязда ДРялъул Пенсиязулаб хъулухъалъул управлениялъ.\nГьениб бицухъе, цӏикӏкӏинабураб гӏарац щвезе буго гӏицӏго хӏалтӏуларел пенсионеразе. Чан гъу- рущ гьебали мухӏканал тарихал рехсон гьечӏо. Нуж разилъуледухъ цо саламатал гъурщалниги ратилин абураб хьул буго. Бугелда ракӏ рази гьабе, хараби.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15526-bukiaral-ul-l-alki-bukiinesel-ul-khiisab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15526-bukiaral-ul-l-alki-bukiinesel-ul-khiisab", "title": "Букӏаралъул лъалкӏ, букӏинеселъул хӏисаб", "date": "2022-01-13 08:53:08", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьале нахъе тана 2021 сон. Кинаблъун гьеб букӏараб нилъер экономикаялъе? Гӏаммаб куцалда босани, сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалда рекъон гӏезегӏан мадараб букӏанин абизе бегьила. Кинаблъунха букӏине бугеб 2022 соналда? Планазда ва шартӏазда рекъон, жеги лъикӏаб букӏиналде хьул буго. Амма республикаялда гӏумру гьабулеб халкъалъул къадаралъухъ балагьун, ай цо чиясда тӏаде кколел социалиябгун экономикаялъул цебетӏей бихьизабулел тарихазул рахъалъ Дагъистан гӏемерго нахъе ккун буго Россиялъул цо-цо регионаздаса. ВРПялъул (лъагӏалида жаниб къватӏибе биччараб продукциялъул ва тӏурарал хъулухъазул гӏаммаб багьа) рахъалъ – 2,8 нухалъ, промышленнияб хӏалтӏул рахъалъ – 21,3 нухалъ, аслияб капиталалда (ракь, производствоялъул мина-къайи, техника-оборудование) лъурал инвестициязул рахъалъ – 1,5 нухалъ. Дотациял (федералияб бюджеталдаса кьолеб кумекалъулаб гӏарац) щолел регионазда гьоркьоб Дагъистан буго тӏоцебесеб бакӏалда. 2021 соналда нилъее щвана 72,9 млрд гъурущ, Якутиялъе – 51,6 млрд гъурущ, Камчатка краялъе – 41 млрд гъурущ, Чачан республикаялъе — 33,5 млрд гъурущ. Жидеца федералияб бюджеталде гӏарац кьолезул сияхӏ буго гьадинаб: Москва, Москва область, Санкт-Петербург, Ленинград область, Татарстан, Тюмень область ва Ханты-Мансийск автономияб округ. Гьелдаго цадахъ нилъер руго лъикӏаб хӏалалда церетӏеялъе ресал кьолел, жеги тӏуранго нилъеца хӏалтӏизаричӏел сурсатал – туризмалда, росдал магӏишаталда ва промышленносталда. Республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас батӏи-батӏиял данделъабазда чанго нухалъ абуна нилъеда цебечӏараб ункъо аслияб масъала тӏубачӏони, социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул бициналъул магӏнаго гьечӏин абун.\nКинал масъалабиха гьел кколел?\nШагьаралгун росаби лъедалъун хьезари ва гьеб бацӏцӏад гьабулел предприятиял хӏалтӏизе риччай. Гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго ва гьелъие федералияб гӏарац щвеялде хьулги буго.\nКвалквалал гьечӏого гӏадамазе ва хӏалтӏулел бакӏазе тӏабигӏияб газ ва ток чӏезаби. Газалъул ва токалъул гӏемерал объектал руго юридикиял бетӏергьаби гьечӏого ялъуни ругел лъазаризе кӏоларого. Гьединлъидал, кутакалда кӏвар бугеб суаллъун лъугьун буго кинабго буголъи цо жавабияв операторасухъе буссинаби. Гьеб киналдаго сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ суал «Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас борхана декабрь моцӏалда Москваялда тӏобитӏараб Владимир Путинил пресс-конференциялдаги. Гьелдаса хадуб гьеб хӏалтӏулъ байбихьана багъа-бачариги.\nЖКХялъул хӏалтӏулъ заманалъул тӏалабазда рекъарал хиса-басиял гьари.\nНухазул, хасго гӏемераб транспорт хьвадулел шагьранухазул хӏал хисизаби. Планалда буго Махӏачхъала, Дербент ва Хасавюрт шагьаразда жанисан унел шагьранухал гьезда аскӏосан риччазе. «Ростов-Баку» федералияб шагьранух къачӏай. Гьениб букӏине ккола 4 мухъ бугеб нух.\nГьелдаго цадахъ цӏибил лъикӏ бижулеб, гьелъие данде кколеб ракь хӏалтӏизабизе ккола гӏицӏго гьеб мурадалъе, гьениб хьихьизе бегьуларо гӏи-боцӏи ва разе бегьуларо коммерциялъулал объектал.\nХӏисабал ва хӏасилал\n2021 соналъул хӏасилазул бицани, нилъер ВРП бащалъула 806,8 млрд гъурщида (2020 соналде дандеккун 3 проценталъ цӏикӏкӏун). Исана гьеб бахине ккола 869,6 млрд гъурщиде. ВРПялъул 20,3 процент ккола бича-хисиялъ, 16,7 процент – росдал магӏишаталъ, 15,5 процент – ралел бакӏаз. 2024 соналде щвезегӏан гьеб хӏал хисизе буго гьадинаб куцалда — промышленносталъ кквезе ккола 7,4 процент (гьабсагӏаталда 6,6), ралел бакӏазул магӏишаталъул — 16,1 проценталде щвезегӏан.\nРеспубликаялъул рес буго чанго кӏудияб проектги хӏалтӏизабун, къокъабго заманалда жаниб инвестициязул (гьеб кколаро къарз хӏисабалда кьолеб гӏарац, гьеб буго хайир щвей мурадалда, божилъиялдалъун пачалихъалъ ялъуни бизнесчагӏаз ракӏчӏараб ишалда лъолеб сурсат) 416 млрд гъурущ щвезе ва гьелъул хӏасилалда 55 азарго чиясе хӏалтӏи чӏезабизе. 2021 соналда Дагъистаналда хӏалтӏизабуна инвестициязул 316,3 млрд гъурущ (цебесеб соналъ букӏаралдаса 5,2 проценталъ цӏикӏкӏун). Исана гьеб къадар цӏикӏкӏине ккола жеги 5,3 проценталъ.\n2021 соналда байбихьана 2030 соналде щвезегӏан социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетӏеялъул Стратегиялда тӏад хӏалтӏи гьабизе. Гьелда рекъон, 10 соналда жаниб нилъер ВРП цӏикӏкӏине ккола 1,6 нухалъ, промышленнияб производство — 2,5 нухалъ, росдал магӏишаталъул производство — 1,3 нухалъ, аслияб капиталалде рачӏунел инвестициял — 1,7 нухалъ. Гьеб болжалалда аслияблъун буго росдал магӏишаталъул комплекс, промышленность ва хасго гьелъул мебель, хьитал ва цӏер гьабулел бутӏаби, гьорол ва бакъул энергетика цебетӏей, бакъул къуваталдалъун хӏалтӏулел электростанциял рай. Гьебго заманалда кӏвар кьезе буго гӏадамал лъедалъун, токалдалъун, газалдалъун ва хинлъиялдалъун хьезариялъе, бацӏцӏадаб лъим чӏезабулел предприятиял раялъе ва рищни-къул бакӏариялъе, гьеб къачӏаялъе.\nГъоркьисаги дагьал рукӏинчӏо байбихьарал ялъуни хӏадурарал ва гӏемерго пайдаял федералиял инвестициял щварал проектал. Мисалалъе, Гъизляр районалда багӏараб ччугӏа (осетр) гӏезабизе ва хадубккун икра бахъиялъе гӏуцӏараб проекталъе щвана федералияб гӏарцул 410 млн гъурущ. Дербент шагьаралъул «Южный» микрорайон комплекснияб къагӏидаялда цебетӏеялъе «Новая земля» фондалъ гӏуцӏараб проект- программаялъул багьа ккола 15,7 млрд гъурущ. «Хазар» ОООялъ базе буго сокал ва нектарал къватӏире риччалеб завод (2,43 млрд гъурущ), «Нива» компаниялъ базе буго пиринчӏ къачӏалеб центр (660 млн гъурущ).\nРеспубликаялъул «инвестпортфелалда» гьабсагӏаталда буго 101 млрд. гъурщил багьаяб 61 проект. Гьел тӏуран хадуб хӏалтӏизе бакӏал щвезе ккола 11,5 азарго чиясе. Гьездаса 27 проект тӏубазе ккола 2021-2022 соназда ва 29-яб байбихьизе буго исана. Мисалалъе, «Хевел» компаниялъ исана байбихьизе буго бакъул къуваталдалъун хӏалтӏулеб электростанция базе (8,4 млрд гъурущ). «Каспийский завод стекловолокна» ОООялъги исана байбихьизе ккола цӏер биунеб цӏияб тайпаялъул цех базе, хадубккун гьелъул гьабизе буго цӏорол кӏкӏор (2,85 млрд гъурущ).\nГъоркьиса къабул гьабураб Махӏачхъала лъедалъун хьезабиялда хурхараб хӏалтӏул проекталъе щвана федералияб гӏарцул кредит (10,5 млрд. гъурущ). Хадубккун гьединабго хӏалтӏи гьабизе буго Избербаш, ДагъОгни ва Дербент шагьараздаги.\nРеспубликаялда хӏлтӏулеб буго «Социально-экономическое развитие горных территорий» абураб пачалихъияб программаги. Гьелда рекъон, пачалихъияб кумек щвезе рес буго ралъдал гьумералдаса 500 метралъ борхалъуда магӏишатияб хӏалтӏи гьабулел ва юридикияб хъвай-хъвагӏай бугел магӏишатазе (ИП, ЛПХ ва гь. ц). Гьеб программаялда гьоркьоре уна 33 районалда бугеб азарго росу-ракь. Гьеб гӏарац щола субсидия хӏисабалда, кванил нигӏматал гӏезаризе, гьитӏинал теплицаби, гӏезабураб продукция цӏунизе складал разе къваригӏунеб оборудованиялъул 50 процент бецӏун (3 млн гъурщидаса тӏаде инчӏого). ЛПХязе бецӏула гӏисинаб ва гьитӏинаб техника босизе хӏажатаб гӏарцул 50 процент (50 азаргоялдаса тӏаде инчӏеб). 10-50 сотыхалъул гӏатӏилъиялда интенсивияб тайпаялъул ах чӏолев чиясеги тӏад буссун щвезе рес буго гьеб хӏалтӏи гьабулаго тӏад араб гӏарцул 95 процент (400 азаргоялдаса тӏаде инчӏеб).\nРосдал магӏишат\nАхирал соназда ДРялъул росдал магӏишаталъ рихьизарулел руго хӏакъикъаталдаги лъикӏал хӏасилал. Нилъер нигӏматал ва продукция лъана къватӏисел пачалихъаздацин – пиринчӏ, цӏибил (гьелъул техникиял сортал щвана Краснодар краялде ва Крымалде гӏунтӏун), гӏиял гьан ва чӏагояб гӏи (Грузия, Азербайжан, Иран), люцернадул хер, урба, теплицабазда лъолеб пленка ва жалго теплицаби.\nРохьихъанлъи\nЦебехун киданиги гьабичӏеб, амма гӏезегӏан кӏвар бугеб хӏалтӏи 2021 соналда гьабуна «Рослесинфорг» идараялъ («Рослесхоз» гӏуцӏиялъул хасаб хъулухъ), ай тӏобитӏана киналго рохьазул мухӏканаб инвентаризация. Гьезул баяназда рекъон, нилъер рохьазул гӏаммаб гӏатӏилъи ккола 662 азарго гектар (тӏолабго Россиялда 809 млн гектар). Гьез ккун буго республикаялъул ракьалъул 7,2 процент. Дагъистаналда буго 252 млн гъветӏ, цӏулал нахърател бащалъула 57 млн куб. метралда. Азаргогӏанасеб гектаралда щибаб соналъ гьарула рохь цӏи гьабиялъул хӏалтӏаби.\nРалел бакӏал\n«Жилье» абураб миллияб (федералияб) проекталда рекъон, 2019-2024 соназда жаниб республикаялда базе ккола 11 млн. кв. метр мина-карталъул. Гъоркьиса бана 950 азарго кв. метр (цебесеб соналъ бан букӏана 830 азарго). Гъоркьиса базе байбихьана 130 социалияб объект.\n«Чистая вода» федералияб проекталда рекъон, 2022-2024 соназда мугӏрузул районазда базе ккола лъел 16 объект (гӏаммаб багьа 4,4 млрд гъурущ). Гьезул шугояб бан лъугӏана 2021 соналда.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "15529-kamal-salmanov-zhide-zhider-rosul-ago-ish-bajbikhichioni-magiarukh-l-i-tsebetiolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15529-kamal-salmanov-zhide-zhider-rosul-ago-ish-bajbikhichioni-magiarukh-l-i-tsebetiolaro", "title": "Камал Салманов: «Жиде-жидер росулъаго иш байбихьичӏони, магӏарухълъи цебетӏоларо»", "date": "2022-01-13 08:56:23", "categories": ["gara"], "text": "НИЖЕР БАЯН:\nДГУялъул къватӏисел улкабазул мацӏазул факультеталда цӏалулаго рикӏкӏадал пачалихъазде босана Камалица ишан. Анцӏила хадуб соналъ лъадарана чияр ракьалда цӏиябщинаб лъазе бугеб гьесул гъира-шавкъ. Риидалил заманаялъ пихъил тӏагӏамги босизе, эбел-инсуе ахил хӏалтӏабазе кумекги гьабизе санайил росулъеги вачӏунаан гьев.\nЧӏагояв, кивго рекъарав, жив вуссанщинаб свери берцин гьабулев, баракатав вукӏуна цо-цо чи. Гьединавлъун вихьулев вукӏана Камал «Фейсбукалда» ахираб анцӏго соналъ, кигӏан рикӏкӏада вугониги, ,нилъер миллиябщиналъулгун бухьен тӏезе толароан гьес. Ватӏаналде щварал къоязги гьев гӏахьаллъулаан магӏарулазул гӏаммал тадбиразда.\nГьанже тӏуванго тӏадги вуссун, эбел- инсуца лъеберго соналъул захӏмат жаниб лъураб ах гьес сверизабуна, рикӏкӏадаса вачӏарасеги, аскӏосезеги хинлъигун рохел кьолеб гъанситоялде.\nКоронавирус сабаблъун къватӏисел улкабазулгун гӏорхъаби къаралдаса нахъе жанисеб туризмалде гӏемерав чи вуссана. Жидерго ригьзал рега-рахъине туристазухъеги кьун, киб- кибниги жидерго хъизанги хӏебтӏун, гӏарац гьабулезулги бицен гӏемер рагӏана. Туристал рачӏин цӏикӏкӏиналдаса гӏезегӏан пайдаги босулеб буго нилъер ракьцояз. Араб соналъ бищунго гӏемер бицен рагӏараб гьеб темаялъул пикру гьабулаго, рекӏее асар гьабураблъун ккана, тӏоцебе Дагъистаналда агротуризмалъе байбихьи лъураб, Миякьоса Салмановазул ах. Ахал, ахихъаби, пихъ бичулел гӏемер руго нилъер, амма гьеб ахикь бугеб ахӏвал-хӏал бицинчӏого, бихьичӏого гӏоларо. Агротуризм — гӏемерал улкабазда цебетӏураб, амма Россиялъе хасиятаб гуреб къагӏида буго. Гьал ахирал соназ нилъер хӏукуматалъ кӏваркьезе байбихьана гьеб рахъалде. Росабазул, росдал магӏишаталъул бутӏаялда туризм цебетӏеялъул закон (ФЗ от 02.07.2021 N 318-ФЗ «О внесении изменений в Федеральный закон «Об основах туристской деятельности в Российской Федерации» и статью 7 Федерального закона «О развитии сельского хозяйства») исана лъагӏалил авалалдасаго хӏалтӏизе биччалинги буго баян. Гьеб законалда тӏад ургъулеб Пачалихъияб Думаялъул депутатал ругебгӏан заманаялъ, агротуризмалъул хӏалги бихьун, гьеб ишалда тӏубан гъорлъе ккана Салмановазул хъизан.\nМиякьосезул ахил хӏакъалъулъ бицен кигӏан бокьаниги буго интернеталда, дица гӏемер гӏатӏид гьабиларо. Кин бугониги бокьана, лъикӏал пикраби гӏумруялде рахъинарурав, Салмановазул хъизамалъул аслияв цевехъанасе цо чанго суал кьезе.\n— Камал, чанго батӏияб мацӏ лъалев, гӏезегӏанго соназ къватӏисел улкабазда вукӏун иш бажарарав чи вуго мун. Мунго гӏадал гӏолохъабазда бетӏербахъи къватӏиб берцин бихьула. Рикӏкӏадаса балагьун Дагъистан кинаблъун бихьулеб букӏараб?\n— Космосалдасан нилъер Ракь берцинго бихьулеб гӏадин, рикӏкӏаде щванагӏан нилъер Дагъистанги, нилъерго гӏамалги, гӏадатги, квенги, лъимги дагьабги берцин бихьулаан. Гьединго къватӏив мухъалъ вугеб мехалъ цо-цо нилъер ватӏаналда кколел лъугьа-бахъиназ рахӏатги хвезабулаан.\n— Батӏияб сухъмахъ ккун, цогидаз хӏалбихьичӏеб хаслъигун гӏуцӏана дуца росулъ иш. Байбихьи лъолаго, бищунго мугъчӏвай лъиде букӏараб, захӏмалъи сундулъ батараб?\nРосулъе тӏад вуссиндал, нижерго хъизамалъул ахикь ва гьелда сверухъ иш гьабун бажарана. Дидагоцин лъачӏого гьеб къагӏида батана жеги цогидаз гьабичӏеб ишлъун. Нилъ, дагъистаниял, нус-нус соназ ах-хуралъул агьлу ругониги цо умумуздасан бачӏараб куцалъ гурони, цӏикӏкӏун хайир кьолеб хӏалалъ гьеб ахил ва пихъил иш гьабун ругьунлъун гьечӏо. Дицаги гьеб къватӏисел улкабазда бихьаралъул мисалалда гьабуна. Интернеталдасан гӏадамалги ахӏун ахикье, гьезие гъотӏодаса жидецаго пихъ бетӏизеги, хӏалбихьизеги ресги кьун, бокьаразе жидецаго гьан бежизе яги бежун цебе гьан-шашлыкгун, гьелъие санагӏалъабиги чӏезаруна. Гьениб гьабизе захӏматаб жоги гьечӏо. Нилъер мадугьалзаби гуржиялцин ахираб анцӏго соналъ гьеб рахъалъ церетӏун руго. Халгьабураб мехалъ агротуризм дунялалдаго цӏакъ цӏебетӏун унеб буго.\n— Мисалалъе, цо соналъ микьир, курак бижичӏони, пихъ гьечӏони, рачӏунел гӏадамал рукӏинадай? Лъагӏалицаго туристал къабул гьарулеб хӏалалъ хӏалтӏи гӏуцӏизе рес бугищ?\n— Гьединаб рес букӏинин ккола дида. Мисалалъе, нижер гъоркьиса ихдалил квачалъ хвана куракул тӏегь. Курак дарудецин щвечӏин абизе бегьула. Микьиргун цӏибилги дагьаб гурони букӏинчӏо, амма рачӏунел гӏадамал дагьлъичӏо. Ахираб ункъо соналда жаниб ахикь пихъ гьечӏониги, гӏадамазе хӏалхьи-рахӏаталъе санагӏалъаби чӏезарун руго.\nКъойил кигӏан гӏадамал къабул гьарун бажарулел? Гӏамм гьабун босани, сезоналъе чан чи кколев гӏага-шагарго?\n— Цо-цо базаркъояз ва байрамкъояз къойил щунусгогӏанасев чи къабул гьавураб мех чанги букӏана. Апрелалдаса байбихьун октябралъул ахиралде щвезегӏан къоазаргоялдаса цӏикӏкӏун чиясе хъулухъ гьабунин ракӏчӏун абизе бегьула.\n— Магӏарухъ ахал гӏезарулел чагӏи гӏезегӏан руго. Пихъ бичун бажаруларого рукӏуна гӏемерисел. Гьединазе щиб гӏакълу дуца кьелеб?\n— Дир эбел-инсулги чанги рии букӏана гьединаб. Гьеб ккола дица абураб доб, умумуздасан бачӏараб гӏадин гурони гьабизе бегьуларин нилъедаго ккараб мекъаб пикру.\nНилъер умумул хӏалтӏи-пиша даран-базар билълъанхъизабизе бажаруларел чагӏи рукӏинчӏо. Гӏемер захӏмалъи бихьун ах-хур гӏезабун батана гьез нилъеда. Жакъа нилъер гӏумруялъул чвахи батӏияб гьечӏищха, рокъорги гӏодор рукӏун дунялалда бокьараб бакӏ, гӏадамал рихьизе, гьездаса мисал босизе рес кьун буго интернеталъ.\n— Нилъер щибаб росдал буго жидерго хаслъи, гӏадат-гӏамал. Цебесеб архитектураги тӏабигӏияб берцинлъиги бугел бакӏал дагьал гьечӏо. Амма киназего гуро бокьулеб бугеб жидер ракьалде туристал рачӏине. Гьеб гьезул нахъеккейищ, цӏодорлъийищ?\n— Гьединал харбал дидаги рагӏула. Нилъерго пикрабазул мукъсанлъи ва нахъеккей бугин гьебин абила дица. Амма дида ккола нилъерго гӏамалги гӏадатги цӏунун, нилъерго тӏабигӏияб берцинлъиги маданияб бечелъиги тӏаде рачӏарал гьалбадерие ва туристазе бихьизабизе бокьуларел чагӏи Дагъистаналда цӏакъ дагь гурони ратиларин.\nТуристазул ретӏа-къай рекӏее гӏоларого бицунеб хабарги гӏезегӏан букӏуна нилъер гьаниб. Гьезие чӏезабураб низамалда щиб хисизабизе, билълъанхъизабизе бокьилеб?\n— Гьелги руго цо-цо, кӏи-кӏи рекъечӏел суратал ва туристал рихьидал кӏодо гьарун рицунел харбал. Нусго туристасда гьоркьов цо-кӏиго гьединав камуларо, щибха дозда гьабилеб. Гьеб буго кинабго нилъерго хьвада-чӏвадиялда, гӏамал- хасияталда бараб жо. Нижер гьаниб гьединаб ретӏел-партал бегьуларин берцинаб къагӏидаялда бичӏчӏизабуни, гьел нилъехъ гӏенеккизе руго. Дида жеги данде чӏвачӏо гьедин малъараб мехалъ данде хъачӏ кӏалъалев ва разилъичӏев турист. Нижеца гьезие хасаб, туризмалъул федералияб къануналде дандеги кколеб, гьитӏинабго памятка гьабун буго.\n— Тӏадмагӏаруллъиялда туризм цебетӏеялъе сунца квалквал гьабулеб бугеб? Жакъасеб ахӏвал-хӏалалъул хӏисабги гьабун, дуего щиб хисизабизе бокьилеб?\n— Тӏадмагӏаруллъиялда туризм цебетӏеялъе тӏоцебесеб шартӏлъун ккола гӏадамал — нилъ магӏарулал. Букӏинеселде бокьилаан, соналдаса соналде гӏемерлъулел чӏороголъарал, чӏунтарал росабалъе гурел, чӏагояб гӏумру, жамагӏаталъул гӏуцӏи, цӏиял гӏелал ругел росабалъе рачине туристал, гьениб бугеб нилъерго берцинлъи гьалбазда бихьизабизе. Гьайгьай, жалго гӏадамазде тӏаде рехун тани тӏубалеб масъала гуро, тӏадмагӏарухъ росаби чӏаголъиялъул иш. Гьелъие къваригӏуна хӏукуматалъул рахъалъан квербакъиги цӏакъ цӏодораб бербалагьиги. Гьебги буго росулъ ругел гӏадамазда ва жамагӏаталда бараб жо. Хӏукуматги нилъго гӏадал гӏадамаз бачунеб жолъидал. Жакъа официалияб туризмалъ кӏвар кьолеб буго магӏарухъ тӏабигӏияб бечелъи, архитектураялъул хаслъи бугел росаби тӏатинариялде ва гьел цӏуниялде. Гьелдалъун росабалъ гӏадамазе хӏалтӏаби раккизе руго. Хӏукуматалдаго бичӏчӏун буго гьелъул кӏвар, гьелъие квербакъиялъе хасал программабиги гӏуцӏун руго, гӏарацги биччан буго. Амма, дица цебе абухъе, кинабго буго нилъеда бараб. Жиде-жидер росулъаго гьелъул иш байбихьичӏони, хӏукуматалъ хӏал гьабун нилъер росаби цӏунуларо ва магӏарухълъи цебетӏоларо. Гьеб бичӏчӏизе заман щун бугин ккола цебего.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "15530-gidayatgi-zhak-asej-chiuzhugiadangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15530-gidayatgi-zhak-asej-chiuzhugiadangi", "title": "«Гьидаятги» жакъасей чӏужугӏаданги", "date": "2022-01-13 09:00:27", "categories": ["history"], "text": "Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталда цебе рагьараб «Гьидаят» руччабазул гӏуцӏиялъул нухмалъулей Загьра Исмагӏиловалъул нухмалъиялда гъоркь гӏемер тӏоритӏула гӏолохъанал руччабазда гьоркьор исламияб къагӏидаялда тарбия кьеялъул хӏакъалъулъ бицарал тадбирал. Гьенибго рагьун буго «Жакъасей чӏужугӏадан» абураб клубги. Клубалъулъ гӏахьалчагӏи ккола гьанжего-гьанже рукъалде руссаралги жеги руссинчӏелги ясалги, гӏолохъанал улбулги, гӏумруялъул хӏалбихьи щварал руччабиги. Зама-заманалдасан гьел дандеги гьарула Загьраца.\nГьезие лекциял цӏализе ахӏула батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулел машгьурал руччаби.\nИргадулаб нухалда клубалъул гӏахьалчагӏигун дандчӏвазе ячӏун йикӏана республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Дагъистаналъул туризмалъул рахъалъ министрасул заместитель Анна Безрукова. Гьелъ тадбиралде рачӏаразе бицана нилъер гӏумруялъе чара гьечӏого къваригӏунел социалиял гьиназулги телефоназулги хӏакъалъулъ.\n— Жакъа нилъер гӏумруялда щулияб бакӏ ккун буго интернеталъги, телефоназги ва цогидал гаджетазги. Амма битӏараб къагӏидаялда кин гьел хӏалтӏизаризе кколелали гӏемерисезда лъалеб гьечӏо. Масала, жамгӏияб транспорталда рекӏун унаго, цо-цо руччабаз, киназдаго рагӏиледухъ бицуна жидерго хъизамалда ругел дандеккунгутӏабазулги захӏмалъабазулги хӏакъалъулъ. Цо-цоял семизецин семула телефоназдасан. Унго-унголъунги рекъон букӏунареб куц чӏужугӏаданалда гьединаб хьвада-чӏвади, — ян абуна гьелъ.\nГьединго видеороликазул кумекалдалъун гьелъ бичӏчӏизабуна кинаб низам, тадбир букӏине кколеб рокъобги, къватӏибги ва жамгӏиял бакӏаздаги телефонал хӏалтӏизарулелъул.\n— Гӏадатлъун билълъун буго, байрамал баркулелъулги, «интернет- открыткаби» цоцазухъе ритӏиги. Масала, цо байрамкъоялъ дихъе щвана цого открытка 20-30 нухалда. Нуже-нужерги рукӏунел ратила гьединал лъугьа-бахъинал. Лъикӏаб букӏинародай, баркиялъул цохӏо предложение хъванигицин, нилъерго текст битӏизе. Дун, масала, йохула гьединаб барки бачӏани, — ян тӏадеги жубана гьелъ.\nЖеги гӏемерал мисалал рачана Аннаца. Руччабазулги рукӏана гьелъие гӏемерал суалал. Гьединго гьезги бицунеб букӏана жидерго гӏумруялда ккарал лъугьа-бахъиназулги. Тадбиралъе цо хасаб берцинлъи кьун букӏана магӏарул, гӏурус ва гӏараб мацӏазда нашидал ахӏулей Хадиджацаги.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15531-allagin-akhiuleb-dur-rekiel-kiutii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15531-allagin-akhiuleb-dur-rekiel-kiutii", "title": "Аллагьин ахӏулеб дур рекӏел кӏутӏи…", "date": "2022-01-13 09:03:07", "categories": ["insan"], "text": "Цӏияб соналъул байбихьи пашманаб хабаргун рещтӏана магӏарухъе. 4 январалда нилъедаса ватӏалъана накъшубандияб ва шазалияб тӏарикъаталъул устар Инхелоса Мансурил Мухӏамад-афанди (къ.с). Тӏарикъаталъул агьлуялъ цӏакъ адабалда, кӏудияб рокьигун рехсола- ан гьесул цӏар. Аза-азар мурид битӏараб нухда тӏовитӏарав, баркаталъул рукъги ракӏги цӏурав, щулияб иманалъул, бергьун кӏудияб гӏелмуялъул вакил Мансурил Мухӏамад-афанди ахираталъул рокъове анилан рагӏидал, гӏемерав чиясул ракӏ къварилъана. Гьедин букӏуна рухӏиял церехъаби ракьалдаса индал.\nТӏоцебе гьесул хӏакъалъулъ дида бицунеб рагӏана гьанжеялдаса къого соналъ цебе. Жиндир баракат щваяв Чӏикӏаса Сагӏид- афандиясул бицен ккараб бакӏалда, цоги тӏарикъаталъул устар вугищ нилъерин гьикъидал, Болъихъги вугила Мансурил Мухӏамад-афанди абун бицун букӏана эбелалъул имгӏалас. Щибаб соналъ Чӏикӏаса Кӏудиясул рокъоб тӏобитӏулеб мавлидалда гӏахьаллъулев, гьесда аскӏов гӏодов чӏунги вихьулаан. Абулаан магӏарухълъиялъул, тӏалъиялъул рахъалда ругел муридзаби къабул гьаризе гьесда тӏадкъан букӏанин Сагӏид-афандиясилан.\nЖиндир баракат щваяв Мансурил Мухӏамад-афанди гьавуна 1947 соналда Болъихъ районалъул Гъоркьияб Инхело росулъ Мансурил Къурбанил хъизамалда. Гьесул эбелалъул кӏудияй эбел кколаан Хираасулал абулеб, свалат-салам лъеяв аварагасул наслуялдаса лъу- гьараб тухумалдаса. Мансурил Мухӏамадил эмен Къурбан вукӏун вуго цӏакъ Аллагьасукьа хӏинкъарав муъминчи. 24 сон барабго захӏматго унтун вуго гьев. Унтул гӏазабалда гъоркь гьев вихьидал, гьесул гьоболас абун буго Къурбанида, жиндир бугин цо кьарияб гьой, гьелъул гьан квани, мун сахлъизе вугилан. Исламалъ хӏарам гьабураб гьойдул гьанги кванан сахлъизегӏан жиндие хвезего бокьилинги абун, инкар гьабун буго Къурбаница. Захӏматаб унтудаса хвасарлъизе кӏвечӏого, лъабго моцӏидасан Къурбан хун вуго. Бицуна Кӏудиясул эбел Хадижат цӏакъ Аллагьасукьа хӏинкъарай, тӏадчӏун гӏибадат гьабулей муъминчӏужу йикӏанилан. Лъабго сон барав чи вукӏаго эменги хун, эбелги цогидасе ун, бесдаллъиялъул кьогӏаб хинкӏ хӏанчӏизе ккола Мансурил Мухӏамад-афандияс. Цӏакъго гьитӏинго загьирлъана гьесулъ Аллагьасукьа хӏинкъулеб гӏамалги, рекӏелъ щулияб иманги, иман-исламалдехун бугеб бергьун кӏудияб рокьиги.\nИнхелоса Гӏабдуразакъил Хӏажиясул ракӏалдещвеял\n— Гӏагарал чагӏиги рукӏун гьитӏинаб къоялдаса нахъе цӏакъ цоцаздаса тӏоларел чагӏи рукӏана ниж. Доб мехалъго гьев вукӏана цогидаздаса батӏияв ва тӏокӏав инсан. Риидалил багӏарараб заманалда гъутаналда хӏалтӏулел рукӏана ниж цо нухалъ. Амма Мансурил Мухӏамадица гьениб нижее колхозалда кьураб квен ва авансалъе кьураб гӏарац кваначӏо, хӏарамаб боцӏи бокьилариланги абун, къоялъ цохӏо сухариги букъун чӏана гьев. Гьеб лъарабго гье- сул гьалбадерил гӏадан, Мигӏарсо росулъа Загьраца рокъоб жинцаго бежараб лъабго чед битӏун бачӏана гьесие. Нижгун хӏалтӏулев вукӏана Инхелоса Гъайирбег абулев васги. Загьраца битӏун бачӏараб чадихъги балагьун Мансурил Мухӏамадица абуна: «Гьаб цо чед Гъайирбегица радал кваназе, цогидаб къадеялде ва лъабабилеб къаси кваназе толеб бугин», — абун. Гьедин лъабабго чед гьес Гъайирбегие кьун буго. Гьеб лъарабго, дойго Загьраца ниж рокъоре ахӏана чай гьекъезе. Амма гьелда бихьана Кӏудияс (Мансурил Мухӏамадица) чвантиниса бахъун чакарги данде кванан чай гьекъолеб. Гьелъул магӏна бичӏчӏичӏей гьей ни- жедаса барщана, — ян бицунеб буго Гӏабдуразакъил Хӏажияс.\nТӏоцеве Мансурил Мухӏамад вукӏана Сасикьа Хӏусенил Мухӏамадил маъзун ва хадув Гӏашалиса Тажудинил муридлъун. Гьелдаса хадув гьев лъугьана цин Инхоса Гӏабдулхӏамид-афандиясул (къ.с), хадуб Лъахъа Хӏамзат-афандиясул тарбиялда гъоркье.\nТӏарикъаталде гьесул букӏараб кӏудияб рокьиялъул хӏакъалъулъги бицунаго, гьадин тӏаде жубана Гӏабдуразакъил Хӏажияс:\n— Цо нухалъ Кӏудиявги дунги рукӏана Хасавюрталда мажгиталъуса къватӏире рачӏунел. Болъодухъ дандчӏварав цо чи, нижехъги балагьун, лъикӏ мехалъ лъалхъун хутӏана. Балагьараб мехалъ тӏарикъаталъул киналго латӏаифал, адабал тӏокӏкӏун лъалев чи вукӏараб къагӏидаха гьев, дир гӏиндеги щурун, гьес абуна: «Унго, цо досул чорхолъ латӏаифазул бухӏиялъул кутак», – ан.\nАмма тӏарикъаталъул вакилзабаз гьедин жиндие кӏудияб къимат кьолеб букӏаниги, жиндасагӏан Аллагьасе пайда гьечӏев чи ватиларин кидаго гӏодулев вукӏунаан гьев. Инхоса Кӏудиясги абуна цо нухалъ гьесул (Мансурил Мухӏамадил) бицен ккедал, унго, цо вихьизе бокьилаанин абун.\nКӏудиясул вац Рахӏматуллагьица бицараб\nКиданиги дунялалъул боцӏудехун бугеб рокьи загьирлъичӏо гьесулъ. Пихъ бичизе базаралде арав чи гьев, гьалъул тӏалаб-агъаз гьа- беян аскӏор ругездаги абун, гӏелму- гӏибадаталде вуссун вукӏунев вукӏун вуго гӏемерисеб мехалъ. Пихъил цӏураб 400 ящикги босун арав чи, 40 ящикалъухъгӏанасеб гурони хайирги щвечӏого, вачӏунаан нахъ вуссун. Иргадулаб нухалъ вирд хисизеян Меселасул Мухӏамад-афандиясухъе ана цо нухалъ Мансурил Мухӏамад. Гьес кьураб зикру гьабулаго, латӏаифазул бухӏи цӏикӏкӏун, кӏиго- лъабго къоги балаан вегун. Гьедин тезе бегьиларин, гьесие вирд хисеян Кӏудиясда гьаризе гьевги вачун щвана Нечаевкаялде.\nБугеб хӏакъикъат Кӏудиясда бициндал, Меселасул Мухӏамад- афандияс данде къан вуго Мансурил Мухӏамад: «Валлагь хисилароха, азарго чиясда гьоркьоса цо чиясде гурони бачӏунареб хӏал буго гьесде рещтӏун, Алхӏамадулиллагь, щайтӏаналдаса гуреб, Аллагьасдаса бачӏараб бугелъул. Дуца рецц гьабизе ккела Аллагьасе, кколеб бакӏалде гьеб ккун букӏиналъ. ИншаАллагь кватӏичӏого гьеб хӏалги дуда тӏаса ина, кинабго лъикӏги букӏина», — ян абун буго Меселасул Мухӏамад- афандияс. Кватӏичӏого гьесда тӏаса гьеб хӏалги ун буго.\nТӏарикъаталъул умурал ва аварагасул (с.т.гӏ.в.) нухал кьуричӏого кколев чи вукӏана Мансурил Мухӏамад- афанди. Исламалъул адабалда рекъон, хӏузуралда какиеги чурун гьабураб гурони квен гьес киданиги кваначӏо. Цо нухалъ поездалда пуланаб сапаралъ унаго, гӏадатияб къагӏидаялъ, цебеккунго базаралдаса чӏагого босун нижецаго хъураб гӏанкӏуги белъун, гьеб кваназе цебе лъолел рукӏаго, белтазул хал гьабизеян проводница ячӏана жание яккун. «Воре, бихьизе тоге гьелда», — янги абун, жиндаго тӏад ретӏараб костюмалъ гӏанкӏуги бахчизабун чӏана Кӏудияв. Къахӏиса Хӏасан- афандиясул «Хуласатул адабалдаги» гьечӏищха, инкарчагӏазул бер тӏаде ккараб квен кваназе бегьуларин абун хъван. Гьедин кунеб тӏагӏамалдехун цӏакъ кьварараб тӏалаб букӏана гьесул, – ан бицунеб буго Инхелоса кӏудиясул вац Рахӏматуллагьица.\nМансурил Мухӏамад-афандиясул вас Хӏусеница бицараб\n— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе как баялде гӏадин гьес кӏвар кьолеб букӏараб жо лъаларо дида цоги. Щибаб как, кида бараб, кин бараб абун камилаб хӏисаб кьезе тӏамулаан гьес ниж. Кигӏан сордо гьитӏинаб гӏужалъги, тагьажудалъул какал разе къаси тӏаде рахъинарулаан гьес ниж.\nКӏудиясул вас Мухӏамаднурица бицараб\nЦо нухалъ мажгиталде, жамагӏаталъул какде вачӏинчӏого хутӏунилан, хъизанги гьабурав, саламатаб ригьалъул чи вукӏаниги, дида кьабизеян гьесана Кӏудияв. Цӏакъ какил адаб гьабулаан гьес. Кӏудияв гӏелму цӏализе хьвадун вуго Болъихъе, Муниве, 12 километралъ лъелгоги хьвадун. Гьес рокъовги тун хьихьун вукӏана жинда гӏелму малъизе Муниса Мухӏамаднур абулев гӏалим. Амма КГБялда лъан вуго гьев, жидеца чӏвазе вугин гьез хӏинкъизавурав гьев нахъ вуссун инеян гьесун вуго цин. Амма бащдаб нух тарав чи, нахъ вуссун вачӏун вуго, чӏван-хъунищ гьез жив гьавилев, нагагь чӏвани, щибинха гьабилеб, Аллагьасул къотӏи гьединаб батилинхаянги абун.\n— Инсуца бицунаан Мухӏамад- гӏариф-афанди вихьизе букӏанин жиндир бищун кӏудияб анищилан. Цо нухалъ пихъ бичизе базаралде арав чи гьев ун вуго мажгиталде, гьенивгӏаги ватилародай абун. Варагӏ бугев чи вихьидал, гьев ватилин Мухӏамадгӏариф абун, гьесда аскӏове векерулев вукӏун вуго эмен. Ахирги цояс бицун буго гьесда, Махӏачхъалаялъул Щуабилеб поселокалда, Мухӏамадгӏариф-афандияс гӏумру гьабулеб минаялъул адрес. Амма КГБялъул чи ватизеги бегьулин гьавилан ракӏалде ккун, рокъор рукӏарал чагӏаз абун буго гьев рокъов гьечӏилан. Кӏваричӏин, гьаб сайгъат-саламгӏаги босейилан, Мухӏмадгӏарифие босун букӏараб пихъ кьун буго инсуца гьезухъе.\nНахъ вуссун унев вукӏарав гьесда рагӏун буго Мухӏамадгӏарифица жаниве вачӏайилан ахӏулеб. Хъваш-баш гьабун хадуб Мухӏамадгӏарифица гьесда абун буго гӏемерал гӏадамал ракӏарараб бакӏалде жив вахъунарин, гьаб заман бугин шагьаралде балагьидал гьанив муъминчиго вугодайин кколеб, мажгиталде балагьани гьенивги капурчицин вугодайилан кколеб заман. Инсуе тӏун букӏараб гъармухъ-чаялъул стаканалъул ахада гьесухъа нахъе хутӏараб жо: «Нилъеда лъаларин баракат киналъулъ бахчун букӏунеб», — инги абун, Мухӏамадгӏарифица жинцаго гьекъон буго. Къаси гьанив чӏайилан гьес гьаридал, инсуца абун жив ине кколеб бакӏ бугилан. Хасмухӏамадил дова гьав рещтӏун вукӏин лъайдал, гьа, гьедин батани бегьилинхаян абун буго Мухӏамадгӏарифица. Гьасда хадув вачӏарав Хасмухӏамадидаги абун буго Мухӏамадгӏарифица:\n«Гьав чи вуго нилъги рокьулев, нилъееги вокьулев, жиндаса кӏудияб баракатги бугев инсан», – ан. Гьес инсуе гьабураб сипаталъ пана гьавурав Хасмухӏамадица нахъа-нахъаги абулеб букӏун буго, унго-унголъунги гӏаданцин гурев малаик ватилин гьавилан инсуде.\nКӏудиясухъе ижаза кьураб мех букӏун буго доб. Цо нухалъ машинаялда жанир нижги тун, Чӏикӏаса Кӏудиясухъе арав эмен вачӏана, кьерги тӏун, соролаго. Щиб ккарабилан гьикъулеб букӏана нижеца, гьев хинлъизе гьесде тӏаде хинаб жоги рехулаго.\nЖиндихъе изну кьолеб букӏин лъайдал, валлагь, киданиги ккун букӏинчӏо, Кӏудияв, изну кьезе бегьулеб гӏадаб даражаялъул чи дунго ватилилан абун буго гьес Сагӏид- афандиясда. Гьедин ракӏалде кколел чагӏазухъе изнуги кьоларин абун буго гьелде данде Чӏикӏаса Кӏудияс, — ан бицунеб буго ракӏалдещвеязулъ Мансурил Мухӏамад-афандиясул вас Мухӏамаднурица.\nИнхелоса Гӏалиасхӏабица бицараб\nКьерилавги вукӏун цӏакъ цадахъ гӏемер заман тӏамулаан дицаги Кӏудиясги. Гьитӏинаб мехалдаса нахъего гьев вукӏана цӏакъ ракӏбацӏцӏадав, хӏилла-рекӏкӏ бокьуларев инсан. Гӏамал-тӏабигӏатго малаикасул гӏадаб букӏана гьесул. Гӏемерав гӏодове валагьун чӏеялъ мугъ къуларав лъугьана гьев. Ки- даниги инсанасда бадиве валагьизе кӏун батиларо гьесда.\nЦо нухалъ гьесул росулъа гӏисинал гӏолохъаби кӏанцӏун руго чияр багӏлидул ахикье. Ахил хъаравуласдаги рихьун, гьес нахъе рачахъун руго гьел, амма гьоркьов вукӏарав цо гӏолохъанчи ахикьеги кӏанцӏичӏого довегӏан чӏун вихьула гьесда. Хъаравулас абун буго гьесда дица виччалин мун ахикье багӏли квине, айин жанивеян. Дуца виччаниги чияр ахикьа пихъ квине жинца бегьуларинги абун, ун гьечӏо гьев гӏолохъанчи. Гьев вукӏана Мансурил Мухӏамад- афанди.\nГьединав, тӏубараб гӏумруго Аллагьасукьа хӏинкъун арав, шаргӏалъул нухдаса кьуричӏев, бергьарав вали вукӏанин абизе бегьила Мансурил Мухӏамад-афандиде. Рухӏиял церехъабазул баракаталъ цӏунун хутӏана нилъее исламияб дин. Гьезул баракаталдалъун чанги кӏудиял балагьал нахъчӏван ратулин ракӏчӏун абизеги кӏола. Щайгурелъул, чӏагоял мисалалги рехсон, гьеб гьедин бугеблъи якъин гьабуна дие цӏаларал чагӏаз. Дун гьелда божула. Гьединго абула, тӏарикъаталъул устарзаби ракьалдаса унелъул, гьез цадахъ баракатги унеб рагӏулин. Аллагьас Мансурил Мухӏамад-афанди, баракаталъул цо бутӏа нилъееги тун, аравлъун ватаги. Къиямасеб къоялъ гьесул шафагӏат камугеги. Амин.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15597-zaman-shchun-bugo-nil-go-nil-etsago-ts1unize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15597-zaman-shchun-bugo-nil-go-nil-etsago-ts1unize", "title": "Зикрула Ильясов: «Заман щун буго нилъго нилъецаго цӏунизе»", "date": "2022-01-19 15:48:38", "categories": ["med"], "text": "Хӏакъикъат газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас киналго ахӏулел руго сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабаз бицунелъухъги гӏенеккун, аскӏор ругезе зарал гьечӏеллъун рукӏине, намус бацӏцӏадго хьвадизе.\n-Цӏидасанги хӏалуцинехъин буго коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал, къойидаса-къойиде цӏикӏкӏунеб буго унтаразул къадар, раккулел руго цӏи-цӏиял штаммал. «Омикрон» абулеб штамм республикаялде щун букӏиналъул хӏужаби руго. Амма, гьедин бугониги, кинавго чи гуро кантӏулев вугев вакцина гьабизе кколеблъиялде.\nАмма заман щун буго, гӏодоре риччан чӏечӏого, нилъго нилъецаго цӏунизе, тохтурзабаз абуралъухъ гӏенеккун, нилъерго сахлъи щула гьабизе. «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазул 87 проценталъ вакцинация гьабуна. Гьабичӏого хутӏаралги, цо чи хутӏизегӏан, руго гьезул унтиялъе вакцина гьаби данде ккунгутӏиялдалъун тохтурзабаз жал эркен гьарурал. Гьединлъидал нижеца киналго ахӏула вакцина гьабизе. Щайгурелъул прививка гьабичӏес гьеб унти гӏадамазда гьоркьоб тӏибитӏизабизе ресал цӏикӏкӏун ругелъул,-ан абуна Зикрула Ильясовас"}
{"slug": "15607-vaktsinayaldasajishch-khiink-ilel-yagi-l-avuk-l-iyaldasajishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15607-vaktsinayaldasajishch-khiink-ilel-yagi-l-avuk-l-iyaldasajishch", "title": "Вакцинаялдасайищ хӏинкъилел яги лъавукълъиялдасайищ?", "date": "2022-01-20 09:42:57", "categories": ["med"], "text": "Пандемия байбихьаралдаса нахъе коронавирусалъул ва гьел- де данде вакцина гьабиялъул хӏакъалъулъ социалиял гьиназдасан тӏиритӏизарулел руго гӏадамазул рекӏелъе хӏинкъи рехизабулел, до- раса-гьаниса рагӏарал харбал. Байбихьуда кьучӏ гьечӏел гьединал харбал сабаблъун Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул къадар, цогидал регионазде дандеккун, цӏикӏкӏунги букӏана. Амма къой- илго ковидалъ унтулел ва холел гӏадамал рихьидал, гьел харбалги лъугӏана. Гьанжейин абуни, гьединаз хӏаракат бахъулеб буго корона- вирусалде данде вакцина гьабиялъе квалквал гьабизе. Нилъги вас- васдулел хутӏун руго социалияб гьиналдаса тӏибитӏизабулеб инфор- мация битӏараб бугодаян абун. Коронавирусалде данде вакцина гьабиялъул рахъалъ лъица бицу- нелдаха гӏадамал божулел? Гьезул кинаб пикру бугеб коронавирусал- де данде вакцина гьабиялъул хӏакъалъулъ? Гьел суалазда тӏасан цӏехрех гьабуна нижеца.\nУмукусум Хӏажиева, учитель- ница: «Нилъер улкаялда кидаго гьарулаан прививкаби — гьелда лъун бажарана вабаъ, къавуда, месед ва цогидал рахунел унтаби тӏубанго тӏагӏинаризе. Гьеб рахъги хӏисабалде босун, дица абила, коро- навирусалде данде гьабулеб вакци- на жакъа хӏажат бугин абун. Щайгурелъул нилъеда бихьулеб буго, дунялалдаго ковидалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе, цӏакъ гӏемер чи унтулевги холевги вугеблъи. Цониги хъизам батиларо, гьеб унти хъинтӏичӏеб. Абула, дару гьечӏеб унти Аллагьас бижуларин. Кинаб- го Аллагьасдаса бугелъул, инса- нас гьарурал мунагьал гӏемерлъун, биччан батила Гьес нилъеде гьаб квешаб унтиги. Щиб лъалеб, вакцинаги батизе бегьула гьеб унтудаса хвасарлъиялъе сабаблъун. Палхӏасил, дица вакцина гьабуна, ва нужги ахӏула гьеб гьабизе. Нилъер гӏагарав чи больницаялде ккедал, нилъеца хӏаракат бахъула дару балагьун, тохтур валагьун, унтарав хвалдаса хвасар гьавизе. Гьайгьай, холарев чи вукӏунаро, амма вакцина гьабуни, унти бигьалъулинги абулеб бугелъул, дица абила гьеб гьабеян».\nМадина Хӏажимаева, журналист: «Дица вакцина гьабуна диего бокьун, Интернеталда тӏиритӏизарулел къватӏул харбазухъ гӏинтӏамичӏого. Гӏадамал тӏагӏинаризе гӏоло 5-G вышкаби лъолел ругин яги коронавирус абураб унтиго гьечӏин щалали лъаларел гӏадамазда божун течӏо дица дирго сахлъи. Гъоркьиса вакцинаялъул бицине байбихьидал, дица цӏалана ва цӏехрех гьабуна коронавирусалде данде Россиялда къватӏире риччарал вак- цинабазул хӏакъалъулъ. Гьеб унтул заралалдаса вакци- наялъ цӏунулел рукӏин лъарабго, апрель моцӏалда дица гьабуна ковидалде данде прививка. Гам-ковидвак тӏаса бищанин, гьеб гьабеян поликлиникаялде арай дихъ гӏажаибго ялагьана тохтур. Хӏалтӏудаса тӏамун гурони, жидеего бокьун вакцина гьабизе къанагӏат гурони жидехъе рачӏунарин абуна гьелъ. Моцӏидаса эбелалъги гьабуна гьебго вакцина. Ниж я унтизаричӏо, я лълъурдул раккичӏо, ялъуни рачӏчӏ бижичӏо. Гьале лъагӏел унеб буго вакцина гьабуралдаса. Дун цогӏаги нухалъ унтичӏо. Февраль моцӏалда цӏидасан гьабизе буго коронавирусалде данде прививка. Коронавирусалъул ва вакцинаялъул хӏакъалъулъ Интернеталда тӏиритӏарал харбазда дун божуларо. Божизе бегьула жидерго ишги лъикӏ лъалел, информация тӏибитӏизабулелъул цӏар бахчуларел гӏадамазда, пачалихъиял гӏуцӏабазда. Социалиял гьиназда- сан тӏибитӏизабулебщинаб хабар битӏараб букӏунаро. Вакцинаялъул яги коронавирус тӏибитӏиялъул хӏакъалъулъ кьучӏал баянал лъазе бокьани, дица хал гьабула «Роспо- требнадзор», «Стопкоронавирус», «Мой Дагестан» сайтазда».\nПатӏимат Мухӏамадова, учитель: «Гӏемерисел вакцинабазул пайдаялда божуларо дун. Гьитӏинаб мехалда нилъее гьарулел рукӏарал, советияб заманалдаго хӏалбихьарал цо-цо вакцинабазул пайдаялда божула. Коронавирусалде данде гьарулел вакцинабазул гӏунгутӏаби гӏемер ругин рикӏкӏуна дица. Тӏоцебесеб иргаялда, гьел вакцинаби коронави- русалъул киналго штаммазде данде чӏоларо. Кӏиабизе, дун гӏадал он- кологиялъ унтарал гӏадамазул сах- лъиялъе вакцинаялъ зарал гьабизе рес буго. Гӏемерал лъугьа-бахъинал рагӏана онкология бугезе вакцина- ялъ захӏмалъи гьабурал. Лъабабизе, дида рагӏана коронавирусалде данде гьабураб вакцинаялъ лъугьинарурал антителабаз кигӏанги сахав инсанасул сахлъиялъе зарал гьабулин абун бицунеб. Вакцина цӏунулелъулги киналго тӏалабал тӏуразарулел гьечӏинги бицунеб буго. Кколеб къагӏидаялъ цӏуничӏеб вакцинаялъ нилъее зарал гуреб жо гьабуларо. Ункъабизе, вакцина гьабизе хӏалица тӏамиялъги гьел- да божилъи хвезабулеб буго. Дида бичӏчӏула, унтарал цӏикӏкӏанагӏан медицинаялъул идарабазде тӏаде захӏмалъи кколеб букӏинги, амма гьезие хӏалтӏи захӏмалъизабулеб буго кагътал, документал цӏезаризе ккеялъ. Дун хӏалтӏудаса нахъе ана чара гьечӏого вакцина гьабизе кколин лъазабидал. Цогидаб бакӏалде хӏалтӏизе лъугьиндал, гьенибги тӏалаб гьабуна вакцинациялъул сер- тификат. Кигӏан бокьичӏониги, вак- цина гьабизе ккана, щайгурелъул лъимал кваназаризе хӏалтӏизе кко- лелъул. Вакцина гьабеян, гьелъул ки набгӏаги зарал гьечӏин, гьеб лъикӏаблъун бихьизабизе кӏоларо. Щивас жиндирго бетӏер хӏалтӏи забун, жинцаго гьабизе тӏадаб буго сахлъиялъул тӏалаб».\nГӏабидат Мехтиева, кӏиго лъимадул эбел: «Дица вакци- на гьабичӏо. Гьабизе ракӏалдаги гьечӏо. Щайин абуни, дица дараби- цин гӏемер хӏалтӏизаруларо. Нагагь дараби гьаризе ккараб хӏал буго- ни, цин цӏалула инструкция, дара- баз кьолеб квешаб хӏасилалъулги хӏисаб гьабула. Дица цӏалула лъималазул сахлъи цӏуниялъул хӏакъалъулъ тӏахьал, педиатрасул кумекалде ккечӏого халкъияб ме- дицинаялъул кумекалдалъун сах гьариялъул хӏакъалъулъ. Коро- навирусалде данде вакцинаялъул хӏакъалъулъ социалиял гьиназда- са тӏиритӏизарулел харбазда хадуб халги кколаро. Дирго гӏакълуялда божун, дицаго цӏалун, цӏех-рех гьабун гурони вакцинабаздаги дарабаздаги божуларо. Жакъа балъгояб жо гуро коронавирусалде данде вакцина къокъабго заманалда гӏуцӏараб букӏин. Я гьелъул пайда, яги гьелъ сахлъиялъе гьабулеб за- рал тӏубан мухӏкан гьабун гьечӏо».\nФатима, пачалихъияб идараялъул хӏалтӏухъан: «Байбихьудаго дун божулаан коронавирус унти уяб букӏиналдаги, цоцаздаса вирус бахинаредухъ нилъго цӏунизе кколеблъиялдаги. COVID-алде данде вакцина ургъун бугин абидалги йохун йикӏана. Вакцина гьабизе ракӏалдаги букӏана. Пачалихъиял идарабазда хӏалтӏухъаби вакцинаби гьаризе хӏалица тӏамураб мехалда дир гьелдаса ракӏ буссана, хӏинкъизе бачӏана. Вакцинаялъул пайдаялъул ва гьелъ сахлъиялъе гьабизе бегьулеб заралалъул хӏакъалъулъ бицунеб гьечӏо тохтурзабазги. Медицинаялъул хӏалтӏухъабаз вакцинаялда тӏасан бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабулеб букӏарабани, гӏадамал васвасдилел хутӏилароан. Кин батаниги дица вакцина гьабуна. Амма гӏагарлъиялда вакцина гьабеян яги гьабугеян абизе кӏоларо».\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15641-khialtiize-niyatgun-giadamazda-bozhigun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15641-khialtiize-niyatgun-giadamazda-bozhigun", "title": "Хӏалтӏизе ниятгун, гӏадамазда божигун", "date": "2022-01-22 06:24:25", "categories": ["med"], "text": "Ахирал соназда гӏемер бицунеб коронавирусалъ кинго рахӏат толеб гьечӏо гӏадамазе. Цӏикӏкӏунеб буго унтаразул къадарги. Гьелде данде гьабулеб рагъулъ бищун кӏвар бугеблъун ва пайдаяблъун тохтурзабазгун гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго вакцина гьаби. Гьенирги руго дандчӏвалел масъалаби, хӏалтӏи цебехун унеб буго захӏматго. Дагъистаналда жеги хӏажатаб къадаралде бахун гьечӏо вакцина гьабуразул процент. Амма руго районал гьеб хӏалтӏи тӏадегӏанаб даражаялда гьабуралги. Гьеди- наблъун ккола, масала, Гумбет район. Гьебги хӏисабалде босун, нижеца сапар бухьана районалде ва районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповасул- гун букӏараб дандчӏваялда рорхана гьеб ва цогидал суалал.\n— Гъалип, гьаб хъулухъалда мун вуго лъабго моцӏгӏанасеб заманал- да. Гӏунищ дуе гьеб заман райо- налда бугеб ахӏвал-хӏалалъулгун лъай-хъвай гьабизе, хӏалтӏуда гъорлъе лъугьине?\n— Гьаб районалда гьавуравги гӏуравги вугелъул, дун, район тун къватӏив хӏалтӏулев вукӏаниги, рай\u0002оналъул гӏумруялдаса киданиги рикӏкӏалъичӏо. Хӏакъаб жо, кинаб\u0002го мухӏканго лъазе цебехун дир рес букӏинчӏо. Руго росаби дун щварал, жамагӏаталгун дандчӏварал, руго жеги щвечӏелги. Гьаб къокъабго заманалда жаниб кинабго лъанин абуни, мекъи букӏина. Амма, абизе бегьула, бугеб ахӏвал-хӏалалъул 50- 60 процент кӏванин лъазабизе. Дун гьаниве вачӏун вуго федералиял ва республикаялъулал батӏи-батӏиял программабаздаса пайдаги босун, бажари-рес бугел районцоязул жи\u0002гаралда мугъчӏвайги гьабун, кӏвараб куцалда, бажарухъе хӏалтӏи гьабизе ниятгун.\n— Магӏишатияб хӏалтӏулъ дур буго цӏикӏкӏараб хӏалбихьи, мун гӏемерал соназ хӏалтӏана республикаялъул энергосистемаялда ва цогидал бакӏазда. Амма района лъул бетӏерасул хӏалтӏулъ руго цо- гидал рахъалги – политикиял, со- циалиял ва гь. ц. Гьезде хӏадурго вугищ?\n— Гӏатӏиракьалда гӏадин кӏудияб политика гьечӏониги, гьелъул гӏаламатал гьанирги камуларо. Бацӏцӏадаб политикаялда дандечӏей дир гьечӏо, амма хъубаб политика дие данде кколаро, гьеб дица къа\u0002булги гьабуларо. Дун политик гуро, дун вуго магӏишатияв чи ва дие ас\u0002лияллъун руго нухал, школал, боль\u0002ницаби, лъел суалал ва цогидабги. Гьеб рахъалъ хӏалтӏи дагьаб бичча\u0002бихъан тунги буго районалда. Гӏолел гьечӏо специалистал, бажари-лъай бугел гӏолохъабазе бокьулеб гьечӏо мукъсанаб харжалъухъ магӏарухъ хӏалтӏизе. Гьайгьай, хӏалтӏи гӏемер буго, церечӏарал масъала\u0002би гӏунги тӏокӏ руго, амма дун гьел тӏуразаризе хӏадурго вуго. Аллагьас\u0002да ва гӏадамазда цеве рацӏцӏалъиги цӏунун, хӏалтӏи гьаби рикӏкӏуна дица тӏадаб налъилъун.\n— Ахираб кӏиго соналъ тӏад лъураб гьир гӏадин буго гьаб балагьаб унти — коронавирус. Специалистаз чӏезабухъе, гьелдаса цӏуниялъе гьабсагӏаталда буго цо дару — вак- цина гьаби. Гьеб рахъалъ Гум- бет районалъ рихьизарулел руго лъикӏал хӏасилал, республикая лъул районазда гьоркьор нуж руго цебесеб кьерда…\n— Дунги дир тӏолабго хъизан- ги гъоркьиса унтана. Гьединлъи- дал дида лъала гьелъул бухӏи. Гьаб хӏалтӏуде лъугьиндал, дица ахӏана райбольницаялъул бетӏерав тохтур ва цӏехана коронавирусалъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьес абуна гӏадамазул 40 процен- талъ гьабун бугин вакцинайилан абун. Гьенирго дандрана киналго суалал, ургъана план ва гьелдаса на- хъе тӏадчӏун байбихьана хӏалтӏизе. Гӏезегӏан рукӏана божуларел, гьаби- ларин вакцина абун чӏарал, хӏажат гьечӏел харбал рицунел гӏадамал. Ниж гьезухъ балагьун чӏечӏо. Дица администрациялде ракӏарана ро- сабалъа имамзаби ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи, киналго ахӏана жига- раб куцалда бичӏчӏикьеялъул, малъа\u0002хъваял гьариялъул хӏалтӏи гьабизе. Хасаб данделъи тӏобитӏана росабазул бегавулзабазулгунги. Дидаса байби- хьун, администрациялъул киналго хӏалтӏухъабаз гьабуна вакцина. Дица тӏаде босана дир гӏага-божарал гьел- де ахӏизе, гьебго тӏад къана адми- нистрациялъул хӏалтӏухъабаздаги. Гьебго суалалда хурхун рукӏана дандчӏваял сахлъи цӏуниялъул, лъай кьеялъул учреждениязул нухма\u0002лъулезулгун. Росана вакцина цӏунизе рес кьолел холодильникал, гӏадамазе бигьалъиялъе вакцина гьабизе бай\u0002бихьана, цохӏо райцентралда гуреб- ги, участковияб больница бугел ро\u0002сабалъги. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна медицинаялъул хӏалтӏухъабаз. Гьеб киналъулго хӏасилалда жакъа къоял\u0002де вакцина гьабун буго районалъул гӏадамазул 90 проценталъ.\n— «Хӏакъикъат» газеталъе под\u0002писка гьабиялъул рахъалъги магӏарул районазда гьоркьоб Гум\u0002бет буго тӏоцебесеб бакӏалда (400- ялде гӏагарун экземпляр). Щиб дуца абилеб гьеб хӏужаялда бан?\n— Дун гьаб хъулухъалде ккедал, гьебги баркун дихъе кӏалъан рачӏун рукӏана газеталъул бетӏерав редак- тор Гӏумахан Гӏумаханов ва гьесулзаместитель Зикрула Ильясов. Ккана подпискаялъул хӏакъалъулъ хабарги. Хадур дица ракӏарана администра- циялъул хӏалтӏухъаби, росабазул бегавулзаби ва тӏад къана подписка- ялъул суал дагьаб хӏалуцинабизе. Росабалъ ругел гӏадамазе бокьула газета ва гъираялда цӏалула. Ниже- даги бичӏчӏула гьеб чара гьечӏеб ва кӏвар бугеб хӏалтӏи букӏин. Подпи- скаялъул рахъалъ район тӏоцебесеб бакӏалда букӏин гӏемер лъикӏаб иш буго ва хадубккунги гьеб хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизе тезе гьечӏо. Ад- министрациялде бачӏунеб газета цӏалулеб бугониги, битӏараб бица- ни, дица исана жеги хъван букӏинчӏо «Хӏакъикъат». Гьале жакъа гьабизе буго гьелъие подписка.\nКоронавирусалъе — зар, хӏалтӏуе – хӏасил\nРайоналъул нухмалъулесулгун гара-чӏвариги гьабун, ниж щвана райполиклиникаялде ва дандчӏвана врач-рентгенолог Гулисат Худатбеговвагун.\n— Гулисат, цогидал районазда дандеккун, вакцина гьабиялъул иш нужехъ цӏакъго лъикӏ букӏин бихьулеб буго. Кин кӏвараб, сунца квербакъараб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб буго райбольницаялъул бетӏерав тохтура- сул хӏалтӏул хӏасил. Лъикӏ хӏалтӏана инфекциязулгун эпидемиологияб хъулухъ. Гьаниб гӏуцӏун букӏана прививкаби гьариялъул хасаб комис\u0002сияги. Районалъул нухмалъиялъги кьуна гьеб суалалде кутакаб кӏвар. Гьеб киналъулго хӏасилалда нижеда кӏвана прививкаби гьабуразул къадар 90 проценталде бахинабизе. Амма гьел\u0002да гӏей гьабун ниж чӏунги гьечӏелха.\n— Жеги вакцина гьабичӏезда щиб дуца абилеб?\n— Байбихьуда дунгоги йикӏана гьелда божуларого. Хадуб дида би- хьана кинабго, бичӏчӏана прививка гьабичӏого тӏубалареблъи. Дицагоги гьабуна, гьабиялдасаги разилъана. Дир киналго лъималазги гьеб гьабу\u0002на. Дица киназдаго абула ва абизеги буго – хӏинкъизе, беркъазе ккараб жо гьениб щибго гьечӏин, вакцина гьабизе кколин.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "15651-bekikiun-k-achiachioni-k-ed-l-ugunaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15651-bekikiun-k-achiachioni-k-ed-l-ugunaro", "title": "Бекӏкӏун къачӏачӏони, къед лъугьунаро", "date": "2022-01-24 08:28:26", "categories": ["lit"], "text": "Авартеатралъул гьаракьгун бакъан дагь-дагьккун рагӏизе байбихьана гьал ахирал моцӏаз. Буго гьезул рекӏелъе лъугьунедухъ кьолеб рекламаги, щибаб спектаклялда зал цӏураб халкъги, камун гьечӏо хайир бугел сапаралги. Гӏадамаз бицунелде кӏваркьеялъул рахъги хисулеб буго. Кида букӏараб жо, нижер къаламцояз гурони, театралъе критика гьабун гӏадамаз рагӏи аби, саламатал макъалаби хъвай, гьелде кӏваркьей?\nГЬУРИ ЧӏВАЧӏОНИ, ГӏУЧӏ БАГЪАРУЛАРО\nГьал къоязда жамгӏиял гьиназда багъарана гьеб чӏаголъи. Цӏияб соналъул байрамалде шоу хӏисабалда сценаялда лъураб «Рачӏа къороласе чӏужу ячине» абураб, кечӏ-бакъаналъул, махсара-хочӏалъул постановка бугоан Фейсбукалдасан цо магӏарулас какун. Гӏезегӏан лъикӏги хъван бугоан. Амма Авар театралъухъ, мацӏалъухъ вухӏулев чияс щайдай пикраби гӏурус мацӏалъ загьир гьаруралинги бижулеб буго суал.\nГӏемерисел гьев авторасде данде тӏирун чӏун руго, лъикӏаб цебелъей букӏанин, жидее кутакалда рекӏее гӏунинги абун. Рукӏана, сценаялда бихьараб гӏалагъважаялъ жидер кутакалда бетӏер унтизабунин, давление баханин абулелги. Бищунго гӏайиб чӏвалеб букӏана сценаялда гӏуруслъи цӏикӏкӏиналда. Гьури чӏвачӏони, гӏучӏ багъаруларин абулелъул магӏарулаз, гӏиллаго гьечӏого ругел гӏарзал гьел рукӏинищха. Кинавго чиги цо коцониб кьа бураб гӏакълу-лъаялъул вукӏуна релъул, щивас жиндирго бихьи, бичӏчӏи загьир гьабун батила. Кин батаниги, гьеб кинабго буго ни лъерго миллияб театр бокьиялъул гӏаламат.\nЗАГӏИПАБ БИХЬИЧӏОГО, ЗАЛИМАБ БИЧӏЧӏУЛАРО\nБайрамкъоялдаса хадуб гьеб постановка такрар гьабизе бугин, рачӏаян бачӏана театралдаса ни- жер редакциялде ахӏиги цадахъго пригласительниял белталги.\nГъира-шавкъалда рачӏун гӏада маз занкӏун цӏуна зал. Хӏалтӏул къоял ругониги, рикӏкӏадал ма гӏарул районаздасагицин ругоан хасгьабун гьенире рачӏарал лъалел-хъвалел гӏадамал, культураялъул хӏаракатчагӏи. Цебеккун бихьаралги ругоан кӏиабизеги рачӏун.\n«Хисизабун бугин рагӏана, анкьида жаниб щиб аз хисулеб жо…», «Щай эб хисизабунгӏаги? Диени цебесебги цӏакъ бокьана» — гьадинал шур-шурал рукӏана пардав рагьилалда цебе. Сценаялда бихьизабизе бугеб гӏуруслъиялъе критика гьабизе ниятгун театралде ячӏарай дунгиха.\nМагӏарул гурони мацӏго лъаларев махсара-хочӏалъе цӏакъав Цӏорол Дадаги ватана тадбир бачунев.\nМиллиял кьурдабазул расен бахъулел актерал рихьидал, цо лахӏзаталъ ракӏалде щвана Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас жиндирго «Дир театр» тӏехь байбихьулаго хъварал мухъал: «Гьанжеялдаса нусго соналъ цебе магӏарулазда гьикъун букӏарабани «щиб кколеб театр» абун, гьез жаваб кьелаан, букӏкӏине нодоги гьабун, лъаларин. Магӏарулазул кӏалзулаб творчествоялда жаниб гьеб рагӏи киданиги хӏалтӏизабулеб букӏин чӏелъул. Театр абулеб рагӏиялъул бакӏалда гьезул кӏалдиб ругьунлъун букӏана: годекӏан, гъастӏакквел, ригьнакӏо, бертин, нартал, хъартал, расанкӏаби, рагӏул гӏомо, мацӏазул хадиро ва гь. ц. Гьел киналго рагӏаби цолъизаруни — гьеб ккола театр. Магӏарулазул некӏсиял гӏадатаздаса тӏирщун бачӏана авар халкъалда гьоркьоб театралияб искусство».\nГьеле гьеб, лъугӏун унебщинаб халкъияб творчество сценаялдаса чӏаголъизабизе гӏураб бечелъиги, ресги буго жакъа театралда. Гьеб буго рохизе ккараб хӏужа. Руго анкьгьунарал гӏадал гӏолохъа налги, гьезие мисаллъун, гӏе мер соназулаб хӏалбихьи щварал махщелчагӏиги. Узухъда, гьеб бе- челъи халкъалъе къабулаб хӏалалъ бихьизаби режиссерасда барабги букӏинарищха.\n«ЧӏВАЗЕ ГӏАЙИБГО БАЛАГЬИЧӏО»\nДица гӏорхъолъа ун хасго гьеб шоу беццулеб бугинги ккоге, какунги гьеб щай, концерт хӏисабалда бихьизабураб байрамалъул программа. Къокъго абуни, разиго ана гӏадамал гьениса.\n— Битӏараб бицани, дун урхъун йикӏана гъодинаб ихтилатсухӏматалъухъ. Гьаб ахираб кӏиго лъагӏелалъ цӏакъ хьул букӏана театралде щвезе. Тӏокӏалъ щвезего щвеладай гьениеян щакдарабигицин рукӏунаан, — ин абуна ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, Чӏарада районалъул халкъияб театралъул режиссер Рашидат Гӏалиасхӏабовалъ.\n— Шоу къабул гьабизе ккола шоу хӏисабалда, тематика цӏунизе ккараб жоги дида гьениб бихьичӏо. Гьаб цо бокӏон дагьаб загӏипаб бугин ккани, цоялъ цояб хисун, гьеб кӏоченабулеб ихтилатги гьунарги бачӏана цебе. Гьезда чӏвазе гӏайибго балагьичӏо дица. Кигӏанги бокьана, баркала «къо- роласе лъади хъирщулеб» сухӏмат гӏуцӏаразе. Халкъалъе къиматал кочӏохъаби гьоркьор гӏахьаллъизе ахӏиги цӏакъ лъикӏаб хӏукму гьабун буго театралъул нухмалъулез. Гьал ахирал соназ унтиялъги къварилъиялъги кӏвекӏарал гӏадамазе хӏажат буго аваданлъи. Гьеб гьукъани, гӏадамал ццидаллъун лъугьуна.\nБайбихьудаго сценарийги постановкаги загӏипаб букӏараб батани, цӏакъ къокъаб заманалда жаниб гӏуруслъи нахъе чӏаран буго гьениса. Магӏарулазе хасиятаб гуребщинаб сценариялда гьоркьоса бахъун батила, гӏадамаз загьир гьарурал пикрабиги хӏисабалде росун, миллиябщинаб бичӏчӏулев театралъул директорасул тӏалабалда гъоркь.\nБасриял цӏи гьарун, цӏи-цӏиял лъун, магӏарулазе бокьулеб къагӏидаялъ репертуар бечед гьабиялда тӏад хӏалтӏулеб буго театралъул нухмалъи."}
{"slug": "15654-general-deputat-va-giadatiyav-magiarulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15654-general-deputat-va-giadatiyav-magiarulav", "title": "Генерал, депутат ва гӏадатияв магӏарулав", "date": "2022-01-24 08:34:11", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Россиялъул печаталъул къолъун кколеб 13 январалда «Хӏакъикъат» газеталъул коллективгун дандчӏвана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Гӏабдулхӏаким Хӏажиев.\nГьеб тадбиралда гӏахьаллъана 2013 соналдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вугев Гӏалибег Гӏалиевги профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадовги.\n«Нилъ рохизе ккола жакъа Гӏабдулхӏаким Хӏажиевги, Сайгидпаша Гӏумахановги, Хизри Абакаровги гӏадал депутатал Пачалихъияб Думаялда рукӏиналдаса. Щайин абуни, гьанжеялдего гьез гьарурал ишазухъ балагьун, гьезул байбихьи лъикӏаб буго, ахирги гьединабго батаги», — ян абуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас.\nРедакторасул заместитель Зикрула Ильясовасул рагӏабазда рекъон, жакъа буго миллаталъул къиматги, къисматги, тарихги, чӏухӏиги, яхӏнамусги нахъе цулеб, лъикӏаб гуреб магӏнаялде сверизабулеб заман.\n— Амма миллат гьечӏони, Дагъистан букӏунаро. Магӏарул миллаталъулго гӏадаб кӏвар буго цогидал миллатазулги. Гьединлъидал гьеб суалалъулъ кӏудияб кӏвар буго рахьдал мацӏ цӏуниялъулги. Жакъасел шартӏазда букӏине кколеб мухъилъе гьеб бачине захӏмат буго, эбел-инсуца лъималазда рокъосанго малъулеб гьечӏони. Гьединлъидал дагьабниги рахьдал мацӏ цӏунун хутӏиялъе тадбирал гьариялъулъ квербакъи Пачалихъияб Думаялда ругел депутатазги гьабилин абураб хьул буго. Гьединго Гӏабдулхӏакимил хӏакъалъулъ хабар ккедал, цониги чияс гьев квешаб рахъалъ рехсолев рагӏичӏо дида, — ян бицана З. Ильясовас.\nЧанги гучал пачалихъазда накуги чӏвазабурал, Надир-шагьасдаги вугеб бакӏ кӏочон тезабурал умумузул наслаби руго нилъилан байбихьана Гӏабдулхӏаким Хӏажиевасги.\nГьес бицана жив гьаб политикаялде ругьунав чиги гурин, амма хӏадурав вугила нилъер миллаталъеги Дагъистаналъеги къваригӏараб суалалъ Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги бокьараб кабинеталде ине.\n— Къого сон буго дир батӏи-батӏиял хъулухъазда къватӏив вугелдаса. Депутатлъун вукӏинчӏониги, Дагъистаналда хурхараб цониги суал тӏубачӏого течӏо дица гьелщинал соназда жаниб. Гьебги цӏаруе гӏоло гуреб, Аллагьасе гӏоло гьабуна. Дун депутатлъун вищаралдаса ана гӏицӏго лъабго-ункъо моцӏ. Дица бачӏинахъего суал лъуна дидаго цебе, щиб дица тӏаса бищараб абун. Дун хъулухъалдаса нахъе витӏулевги вукӏинчӏо, хӏалхьиялде ине жеги 12 сонги буго. Амма дица Дагъистаналъул жамгӏияталъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏи тӏаса бищана, бажарарабгӏан куцалда Аллагьасда цебеги цо кинаб букӏаниги лъикӏаб, гӏадамалги разияб иш гьабизе кӏвелародайилан. Цеве вукӏараб хъулухъалда дица гьабулеб хӏалтӏи цохӏо дидагоги Аллагьасдаги гурони лъалароан. Рукӏана гьенир чанги гӏумруялъе хӏинкъи бугел, талихӏкъарал минуталги. Аллагьас цӏунана. Гьесда гурони нилъ цӏунизеги кӏоларо, Гьесда гурони хадуб ккезе бугебги лъаларо. Дир метерисеб къисматги Гьесда кодоб буго. Гьединлъидал хьул буго Бетӏергьанасул кумекалдалъун дирго халкъалъе кӏвараб куцалда пайдаял ишал гьаризе, Аллагьас хъван батани, — ян бицана Гӏ. Хӏажиевас.\n2013 соналдаса нахъе республикаялъул политикаялда гъорлъ вукӏиналъ жинда лъанин ва рихьанин гӏезегӏан хӏакимзабиги, бичӏчӏанин хӏукуматалъул кинал идараби кин хӏалтӏулеланигиян бицана Гӏалибег Гӏалиевас.\n— Рищиязул заманалда халлъана Гӏабдулхӏаким Хӏажиевги. Дие цӏакъ асар гьабуна гьев Кӏудиясда (Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаев – авт.) аскӏов вихьидал. Гьеб мехалда дица Гӏумаханидаги («Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор – авт.) абуна унго-унгояв чиясулъ букӏине кколеб яхӏ-намусги, гӏаданлъиги, хӏалтӏизе махщелги, халкъалъул ургъелги загьирлъулеб бугин гьев чиясулъилан. «Хъахӏаб Рокъов» хӏалтӏулеб мехалда дида рихьулел рукӏиндалха кинакинал депутатал гьенир хӏалтӏулел рукӏаралани. Ракӏ-ракӏалъ кумек гьарун жидехъе рачӏарал гӏадатиял гӏадамал тӏаса ккезариялъе жал ургъулаан гьезул цо-цояз. Гьединлъидал гьединал депутатазе мисал бихьизабиялъе, Гӏабдулхӏаким, дуца гьаб «Хӏакъикъат» газеталда цебе дурго вакиллъи щай рагьулареб, гьанив дурго жамгӏияв кумекчиги тун? Дуцаго гьарурал ишазул халкъалдаги лъан букӏине, жидерго тӏалабазул бицун рачӏине кколеб бакӏлъун гьезда гьаб редакцияги бихьизе, — ан абуна Гӏ. Гӏалиевас.\nГьанже гӏемерисел хъулухъазде закон цӏунулел идарабаздаса чагӏи тӏамулел ругин абураб пикруялда бан, Гӏабдулхӏаким Хӏажиевас жаваб кьуна жиндие бокьилила бокьараб хъулухъалда тезе гьелъие мустахӏикъав чи.\n— Лъилали вас вугин гьав, гьединлъидал кивалиго директорлъун яги редакторлъун тейилан абураб жо букӏине кколаро. Дун вуго гӏиявехьасул вас. Расги нечоларо гьедин абизеги. Анцӏго сон барав дир эмен детдомалдаса лъутун вачӏун, гӏияде ун вуго (гьесул вацги яцги тӏагӏана гьенир – детдомалда). Гьеле гьеб 10 сон бараб мехалдаса байбихьун, 56 соналъ вехьлъун вукӏана эмен. Дицаги гӏодосан байбихьана ва сержантлъун вукӏарав чи генераллъун вахъана, — ян бицана Гӏабдулхӏакимица.\nПатриотизмалъул хӏакъалъулъ бицунагоги, гьадин абуна Пачалихъияб Думаялъул депутатас:\n— Дица хъулухъ гьабулеб букӏана Псковалда, десантазул аскаразда. Ротаялъул старшина вукӏана дун. Нижерги Витебскиялъул дивизиялъул анкьабилеб ротаги хӏадурлъулеб букӏана Афгъанистаналде битӏизе. Нижехъа цереккунго росана доре ниж нижеего бокьун унел ругин абурал гӏарзабиги. Гьединго лъазабуна кире ритӏулел ругелали эбел-инсудаги бицунгеян.\nГьенире ритӏилалде цин къецал тӏоритӏана кӏиябго ротаялда гьоркьор, киназ къо хӏехьолебали лъазе. Бергьана Витебскиялъул дивизиялъул рота ва Афгъанистаналде гьел ана. Гьеб жо захӏмалъун, нижер Псковалъул дивизиялъул ротаялдаса гӏолохъаби анкьица сах-саламатго кьижичӏо. Гьединаб жо буго ватӏан бокьи. Ватӏаналъухъ бугеб унтиялъ цӏадулъе инеги нахъе къалел рукӏинчӏо гӏолохъаби.\nАхиралда Гӏабдулхӏаким Хӏажиевас магӏарул газеталдехун рокьиги загьир гьабуна гьелъие подписка гьабиялдалъун.\nЦинги редакциялъул рахъалдасан Гӏумахан Гӏумахановас генераласе сайгъат гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул тарихалда тӏасан Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матӏу» абураб тӏехь. Гьединго Зикрула Ильясовасги кьуна гьесие дагьалъ цебе басмаялда бахъараб «Дагъистаналъул тарихалда 300 машгьурав магӏарулав» абураб жиндирго тӏехьги.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "15673-shkola-rukhiiyab-gulak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15673-shkola-rukhiiyab-gulak", "title": "Школа – рухӏияб гьулак", "date": "2022-01-25 15:20:53", "categories": ["obrazovanie"], "text": "«Аркадий Гайдарил «Горячий камень» абураб хабаралда гӏадин, гӏумру такрар гьабизе рес кьурабани, батӏияб къисмат тӏаса бищила- роан дица. Дие квербакъана Аллагьасукьа хӏинкъиялъги законалъе ритӏухълъиялъги», — ян бицана нижеда, араб гӏумруялъулги гьелда жа- нир ккарал хиса-басиязулги хӏакъалъулъ гара-чӏвари гьабулаго, Казбек районалъул Дилим росулъа Камилгерей Ибрагьимовас.\nРокьула дие чӏахӏиял гӏадамазул сабураб накъиталъухъ гӏенеккизе, гьезул гӏумруялъул дарсазул гъва\u0002рилъуде яккизе. Хасаб асар гьа\u0002була советияв учителасулгун дандчӏваялъги: гьел руго хъизан\u0002рукъалъул къваригӏелалги нахъ\u0002тӏамун, жамгӏияталъул масъалаби тӏуразаризе куцарал, гьезда цере гӏуна росдал гӏадамазул чамалиго кьер, гьезул пикру хӏисабалде босула кӏудияб кӏваралъул суалалъе жаваб балагьулеб мехалда. Гьединавлъун ватана Дилим росдал Херазул сове\u0002талъул председательлъун вукӏарав, ДРялъул мустахӏикъав учитель, росу\u0002цоязул лъималазе бащдаб гӏасруялъ гӏакълугун лъай ва тарбия кьурав пе\u0002дагог Камилгерей Ибрагьимовги. Камилгерей гьавуна 1935 сона\u0002лъул январалда Дилим росулъа Юсупилги Меседолги хъизамалда. Лъагӏалидасан гьев хутӏана эбелги хун, амма граждан рагъул гӏахьалчи Юсупица лъималазда бесдаллъи лъа\u0002зе течӏо. Гьесул хӏаракаталдалъун лъималазе щвана гьанжезаманалде рекъараб лъайги тарбияги. Камилге\u0002рейица лъугӏизабуна росдал школа ва 1952 соналда ана Сулейман Стальски\u0002ясул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институ\u0002талъул филологияб факультеталда цӏализе. Ункъо соналдасан гьев тӏад вуссана гӏагараб школалде – гӏурус мацӏалъулги адабияталъулги учи\u0002тельлъун хӏалтӏизе. Вачӏинахъего гьев тӏамуна школа-лъул завучлъунги. Гьелдаса нахъе 51 соналъ Камил\u0002герей хӏалтӏана учительлъун ва гьез\u0002да гьоркьоса 41 соналъ (1956-1997 с.с.) цадахъго гьабуна директорасул хӏалтӏиги. Гьесул хӏалтӏуе къимат кьола 1983 соналъул 23 декабралда «Дагестанская правда» газеталда бахъараб «Директорзаби цӏалула» абураб макъалаялъул авторалъ. «Северияб Осетиялдаса, Кабарди\u0002но-Балкариялдаса, Чечено-Ингу\u0002шетиялдаса ва Дагъистаналдаса директорзабазул къокъа – Дагъи- станалъул пединституталъул Лъай камил гьабиялъул факультеталъул цӏалдохъаби – дагьалъ цере щвана Казбек районалъул Дилим росдал №1 гьоркьохъеб школалде. Гьеб сапа\u0002ралъ гьабураб асар нижеда кидани\u0002ги кӏочон теларо. Школалда жанире лъугьорабго, тӏоцебесеб иргаялда бер тӏаде цӏала гьелъул къачӏаялде.\nКинабго гьабун буго кӏудияб рокьи- гун, жидерго квераца. Кабинетал хьезарун руго техни- киял алатаздалъун. Жанахӏазда цере лъун руго лъималазул техникияб гьу- наралъул тӏагӏел-алатал. Гьеб буго 25 соналъ школалъул коллективалъе нухмалъи гьабулев директор Ка- милгерей Ибрагьимовасул тӏалабагъазалъул хӏасил», — ан хъван буго СОАССРалдаса школалъул директор Р. Чихтисовалъ. К. Ибрагьимов директорлъун хӏалтӏана 1997 соналъул февралал- де щвезегӏан. Директорасул хъулухъалдаса эркен гьавеян абун гӏарза\u0002ги кьун, Камилгерей тӏад вуссана рекӏее хирияб пишаялде – гӏурус мацӏалъулги адабияталъулги дар\u0002сал кьеялде. Школалда хӏалтӏулел соназул хӏакъалъулъ бицунаго, гьа\u0002дин абуна Камилгерейица: «Педагогасул хӏалтӏи ккола учительги цӏалдохъанги цадахъ рекъон гьабулеб иш. Кӏиялго хӏалтӏизе ккола жигаралда, гъираялда, сундего кӏвар кьун, пайдаялъе. Гурони, хӏасил букӏунаро. Дун хӏалтӏана, жамагӏаталъ бадибчӏвай гьабизе кколаредухъ. Амма жакъа хӏалтӏилищан гьикъани, — лъаларо. Дида ракӏалде кко\u0002ла, лъицаялиго ургъунго хвезабулеб бугин улкаялъул лъай кьей. Масала, цебе 80-100 цӏалдохъанасда гьор\u0002кьоса вузалда цӏализе унаан 5-15 цӏалдохъан. Школаги учительза\u0002биги рохулаан, гьеб лъикӏаб хӏасил бугин абун. Гьанжейин абуни, гьоркьохъеб лъай щвеялъул аттестат кодобе щвелалдего студенталлъун рахъун ратула цо-цо цӏалдохъаби. Киналниги выпускникал лъугьуна вузазда цӏализе. Кин гьезухъа гьеб бажарараб? Школалъул лъай босизе гьунар гӏоларел гьезие щола дипломал. Гьелда рекъараб букӏинарищха гьезул хӏалтӏиги», — ян. Гьесул цӏалдохъабазда гьоркьоса рахъарал къадруял хӏалтӏухъабазул сураталги гьезул хӏакъалъулъ баяналги чӏван руго жакъаги гьанже лицейлъун кколеб Камилгерейил гӏумру араб школалъул азбаралда. Гьезул щивасе щвана Ибрагьимовасул гӏакъиллъиялъулги, гӏаданлъиялъулги, сахаватлъиялъулги дарсал. Ракӏалде щвезабулеб буго жакъа директорлъун хӏалтӏулей Язрапат Юсуповалъ: «Рукӏуна нилъ- ер гӏумруялда жаниб кӏудияб, хиси гьечӏеб ва къиматаб лъалкӏ тарал гӏадамал. Гьединавлъун вукӏана дие школалъул тӏоцевесев директор Камилгерей Ибрагьимов. Гьесда лъалаан киналго; лъалаан, кин гӏумру гьабизе кколебали, кинаб нух тӏаса бищилебали, жиндехунги цогидал гӏадамаздехунги инсанасул ки- наб бербалагьи букӏине кколебали. Гӏисинлъималазул коллективалъе тарбия кьолев чи – гьев вуго дирижер: гьесул цо ишара гӏола, оркестралъул щивас цогидасул талихӏалъе гӏоло хӏалтӏи байбихьиялъе ва гьедин инсанасул рекӏелъ тӏирщун бачӏуна гӏаммаб ишалдаса чӏухӏиялъул асарги гражданинлъиялъул тӏоцересел тӏерщалги. Гьединаб цокӏалгохӏалтӏулеб коллективалда бижула цадахъ ругезул тӏалаб гьабиги, ин- сан вохизавизе гъира байги, щибаб рагӏуде кӏвар кьезе гьунарги. Лъима- лаз гӏадамазе рохел бикьулеб бакӏалда гучаб къуватлъун букӏуна тарбиячия- сул рагӏи, калам. Цӏодорав ва гьабулеб ишалъе ракӏ кьун хӏалтӏулев директорасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏизе рес щвей – гьеб буго дир гӏумрудул бищунго кӏудияб талихӏ.\nКамилгерейил малъа-хъваял\n«Гӏумруялда жаниб буго инсанас тӏаса бищулареб, ай Тӏадегӏанав Аллагьасго гьесие кьураб, лъабго жо: эбел-эмен, ватӏан ва къисмат. Хутӏарабщинаб тӏаса бищулаго, битӏараб нух батизе кумек гьаби- зе ккола кӏудияб гӏелалъ гӏолилазе. Гьединлъидал гьел, ай чӏахӏиял, жалгоги рукӏине ккола мисаллъун – яхӏ-намусалъулги, къадруялъулги, ритӏухълъиялъулги, законалъул ва диналъул тӏалабал цӏунун хьвадиялъулги рахъаз. Гьединал мисала\u0002зул кьучӏалда куцазе ккола нилъеца гӏолеб гӏел – хъизамалда, лъималазул ахалда, школалда, вузалда», — ян бицана Камилгерейица. Буго гьесул гӏолеб гӏел куцаялъул рахъалъ хасаб «конституцияги». Рехселин гьелдаса цо чанго малъа-хъвай. Анкьида жаниб цо нухалъ школалде рачӏа, кватӏичӏого ва камичӏого, школалде ритӏе лъимал. Лъималазул дневниказул, тетрадазул ва тӏахьазул хал гьабе. Умумузул данделъабазда гӏахьаллъе. Рокъоб цӏалуда тӏадчӏезе, лъималазе хасаб рукъ яги бокӏон чӏезабе; гьел хьезаре тӏахьаздалъун ва цӏалул къайиялдалъун. Рокъоре кьурал дарсал хӏадурулеб мехалда рукъалъул цоги хӏалтӏуде руссинаруге лъимал. Жиндир заманалда лъимал кьижиялда хадуб халккве. Лъазабе, нужер лъималаз цӏа\u0002лудаса эркенаб заман щивгун тӏобитӏулеб бугебали, щал гьезул гьалмагъзаби кколелали, къватӏахъ ва жамгӏияб бакӏалда гьезул кинаб хьвада-чӏвади букӏунебали. Биччаге хъизамалда жаниб гьере\u0002си бицин, дагӏба-рагӏи гьаби. Лъимал аскӏор рукӏаго, биччаге дагьабниги хъачӏлъи ва гьездаса тӏалаб гьабе чӏахӏиязул – эбел-инсул, учителасул, мадугьаласул – адаб гьаби. Мекъал ишал гьарун ратани, жалго мекъи ккеялъе мукӏурлъизаре лъимал. Ритӏухълъи хирияллъун, инсанасул адаб гьабулеллъун ва жамагӏаталъе пайдаяллъун рукӏине хӏаракат гьа\u0002булеллъун куцана Камилгерейицаги гьесул хъизан Забихӏатицаги жидерго лъималги – ункъо вас ва цо яс. Гьел киназго лъугӏизаруна институталгун университетал, амма цонигияс тӏаса бищичӏо учителасул махщел. Гӏагараб ракьалъул цебетӏеялъулъ буго гьезулги бутӏа. Гьебги ккола пе- дагог ва тарбиячи Камилгерей Ибра- гьимовасул хӏаракаталъул лъикӏаб хӏасил. Гьал къоязда кӏодо гьабизе буго К. Ибрагьимов гьавураб къо. Ракӏ-ракӏалъ баркула гьесда гьавураб къо ва гьарула щулияб сахлъи, рохел, аваданлъи.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "15674-kharakhisa-giumaril-tiajgib", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15674-kharakhisa-giumaril-tiajgib", "title": "Харахьиса Гӏумарил Тӏайгиб", "date": "2022-01-25 15:27:58", "categories": ["rel"], "text": "Гьоркьохъел гӏасрабазда Харахьи росу рикӏкӏунаан лъай камил гьа- булел бакӏазул цояблъун. Гьениса гӏадамаз кӏудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналда исламияб гӏелму тӏибитӏизабиялъе ва лъай кьеялъулъ авар мацӏ хӏалтӏизабиялъе.\nБиценалда рекъон, цебе зама- налда росу букӏун буго Къвекӏада ва Щулалъуда абурал бакӏазда. Гьабсагӏаталда Харахьи бугеб бакӏалда хьуцӏ букӏун буго. Гьениб бугеб лъим гьекъезе бегьулеб букӏун гьечӏо. Гьедин «хвараб лъим» абу- леб букӏанила. Дагь-дагьккун рос- дал цӏарги гьелдасан бачӏараб бугин рикӏкӏуна цо-цояз. «Лъим» абураб рагӏи цо-цо чагӏаз «хьиниланги» абула. Гьединго Харахьи росу хьин- даллъиялда бугелъул, «хьин» абу- раб рагӏул жибго бакӏ бихьизабулеб магӏнаги букӏине рес буго. Къвекӏада букӏун буго све- рухъ щула гьабураб, кӏудияб росу. Хӏалтӏизабизе ракь дагьаб букӏун буго. Гӏадамаз бетӏербахъи гьабулеб букӏун буго гӏи-боцӏи гӏезабун, чан гьабун, ракь хӏалтӏизабун. Цин гьел рукӏун руго мажусияллъун (языч\u0002ники), хадуб босун буго насрани\u0002язул дин. Гьелъие нугӏлъи гьабула Къвекӏада ратарал хъанчаз. Цо за\u0002маналда гьеб кӏиябго росуги цолъун лъугьуна Харахьи ва гьеб заманалде\u0002хун росдал гӏадамаз исламги босула. Биценазда рекъон, гьанжеялдаса 600 соналъ цебе хьуцӏги бакъваза\u0002бун, Къвекӏада Щулалъуда росдал гӏадамал рахъуна гӏумру гьабизе санагӏатаб бакӏалде. Байбихьуда гье\u0002нир дагьал чагӏи гурони рукӏун гьечӏо. Тӏаде кӏанцӏизе чи вачӏани, гьесда данде рагъизе, борхалъуда\u0002го чӏун рукӏуна. Гьанжеги цӏунун хутӏун буго «Гохӏда кавудахъ» абун гьеб бакӏалда лъун букӏараб цӏарги. Гьенир лъун рукӏуна къаси мехалъ рахалел кӏудиял каваби. Цогидаб рахъалдасан росдае цӏуна-къай гьа\u0002булеб букӏун буго кьуруялъ. Каваби рагьулел-къалеб мехалда, гьезул гьа\u0002ракь добе, рикӏкӏаде, Гьарадерихъе рагӏулаанила.\nКӏудияв Тӏайгиб\nХарахьи росу лъугьараб заман\u0002лъун рикӏкӏине бегьула ХӀV-XV гӏасраби. Ракьги тамахаб, мегъ\u0002ги кӏудияб, гьава-бакъги хинаб бакӏ букӏиналъ росу дагь-дагьккун кӏодолъун буго. XVI гӏасруялдехун Харахьи гӏун вуго гӏараб гуребги, авар мацӏалъулги хъвай-хъвагӏай тӏокӏкӏун лъалев машгьурав гӏалимчи – Тӏайгиб. Ихтияразул рахъги камилго лъалеб букӏун буго гьесда. М.-С. Сагӏидовасул цӏех\u0002рехалда рекъон, Тӏайгибица ургъана гӏараб хӏарпаздалъун авар мацӏалда хъвадарулеб къагӏида – гӏажам. Масала, гьадин хъвалеб буго Сагӏидовас Харахьиса Гӏумарил Тӏайгибил хӏакъалъулъ: «Дагъиста\u0002налда гӏараб хъвай-хъвагӏаялъулъ Тӏайгиб машгьурав вуго гӏараб грамматикаялъул текстазе, ман\u0002тӏикъ гӏелмуялъул ва диалектика- ялъул трактатазе гӏемерал баянал кьурав чи хӏисабалда. Нижехъ буго 1580 соналъул байбихьуда Тӏануси росулъ Тӏайгибица квералъ хъва\u0002раб тӏехь — «Аль Вафийа шарх-аш\u0002шафийа». Гьелъул рагӏаллъабазда магӏарул рагӏабазе баян кьун буго гьес. Гьелдасан бихьула доб заманалда кигӏан камилго авар алфавит гӏуцӏун букӏарабали. Тӏайгиб гьаву- на 1563 соналда, хвана 1668 соналда. (Амма хадуб нилъеда бичӏчӏизе буго М.-С. Сагӏидов мекъи вукӏараблъи. – автор). Гьесул хъвай-хъвагӏаяздасан бихьула Тӏайгибица Ч хӏарп парс къагӏидаялъул Ч-ялдалъун хъва- леб букӏин. Гӏандиса Гӏали\u0002Мирзацайин абуни гьеб хӏарп цин гӏараб ДЖ-ялдалъун, хадуб парс къагӏидаялъул Ч-ялдалъун хъвала. Гьединго Кь хӏарп бихьизабизелъ- ун хӏалтӏизабулеб буго ташдидгун цадахъ гӏараб КЪ. Гӏали-Мирзалин абуни гьеб гьечӏо». Тӏайгибица рагӏаллъабазда баянал кьурал тӏахьал ккола цӏакъго лъикӏ гӏараб мацӏги лъа\u0002лел гӏадамаз цӏалулел рукӏарал исламалъул тӏахьал. Цогидазухъе гьел къанагӏатги щолароан. Гье\u0002динлъидал гӏалимзабазе баяналъе хъварал жал рукӏана магӏарул мацӏалда Тӏайгибица гьел тӏахьазул рагӏаллъабазда дол рагӏабиги. Ма\u0002сала, гьел рукӏана къанагӏатго дандчӏвалел рагӏаби: варанидул кьи\u0002ли, дургвач хӏинчӏ (ихдалил хӏинчӏ), пурцихӏинчӏ (галка), тубайдах – ду\u0002дак, релълъ (тӏил, хьоп), гӏачӏараб ва\u0002рани (жеги къинлъичӏеб варани). М.-С. Сагӏидовас хъвавухъе, цӏакъ гӏемер руго магӏарулазе ха\u0002сиятал гурел сипатазе, хӏужабазе, рухӏчӏаголъабазе Тӏайгибица авар мацӏалда кьурал баянал. Гьесул хъвай-хъвагӏаязе хасиятаб буго магӏарул гьаркьазул бечелъи би\u0002хьизабизелъун хӏарпазда тӏад батӏи\u0002батӏиял ишараби лъей. Хадубккун гӏажам хъвай-хъвагӏаялде сверана гьеб къагӏида. Гьедин гӏараб алфави\u0002талъул хӏарпазул къадарги 48-ялде бахинабуна. Харахьи бицуна, херлъидал Кӏу\u0002дияв Тӏайгиб Шамалде ун, гьенив Хӏалаб шагьаралда вукъун вугилан.\nДандеккунгутӏаби\nМ.-С. Сагӏидовас хъвавухъе, цебе\u0002хун бицараб авар хъвай-хъвагӏаялъул къагӏида 1580 соналъул байбихьуда ургъун букӏана 1563 соналда гьаву\u0002рав, 1668 соналда хварав Харахьиса Тӏайгибица. Амма гӏумрудул 17 гу\u0002рони сон букӏинчӏев гӏолохъанчияс гьединаб къагӏида кин ургъулеб? Гьединлъидал хӏисабалде босизе кколеб буго Тӏайгиб лъабго батӏияв вукӏанин херехьдерица абулеб хӏужаги. Гьезул кӏигоял рукӏун руго гьоркьохъел гӏасрабазул заманалда — XVI ва XVII гӏасрабазда, лъабаби\u0002лев вукӏун вуго ХӀX гӏасруялда, XX гӏасруялъул байбихьуда, гьев хун вуго 1920 соналда. Гьединлъидал XVI гӏасруялда вукӏарав Тӏайгибида Харахьи абу- ла Кӏудияв Тӏайгибилан. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гӏарабалъ хъвараб Дагъистаналъул литература лъикӏ лъалеб букӏарав Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадил хъвай\u0002хъвагӏаязги. Машгьурав гӏалимчи Амри Ших\u0002сагӏидовасул пикруялда рекъон, гье\u0002динаб цӏар бугев гӏалимчи цо гурони вукӏун гьечӏо: «Харахьиса Тӏайгиб 923/1521-22 соназда гьавунин абу- раб хӏужаялъе нугӏлъи гьабулеб жо гьечӏо. Тӏайгиб вукӏана Къудукьа Мухӏаммадил (1652-1717), Мохӏоса Дамаданил (хвана 1724 с.) заманалда. Вукъун вуго Харахьи». Тӏайгиб гьа- вурав ва хвараб сонги чӏванкъотӏун лъаларинги тӏаде жубалеб буго Шихсагӏидовас. Амма гьесул пикру тӏубан данде\u0002кколеб гьечӏо лъабго гӏалимчиясул пикруялда. Гьел ккола Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадги, Гини- чукьа Инквачил Мухӏамадги, Хун- захъа Сагӏидил Мухӏамадсагӏидги. Нурмухӏамадил Мухӏамадица хъвалеб буго: «Харахьиса Гӏумарил вас Тӏайгиб ккола Бакъбаккул рахъалъул шагьаразде ун, бергьун кутакалда гӏараб гӏелму цӏаларав гӏалимчи. Гьесул гӏумрудул сонал ккола 928 (1521-1522) – 1008 (1599- 1600).\nИнквачил Мухӏамад: «Харахьи\u0002са Гӏумарил Тӏайгиб Бакълъулазул мухъалда (Гумбет) къадиясул хъу\u0002лухъги жибго тун росулъе вачӏана гьениб къавуда унти тӏибитӏизе бай\u0002бихьидал, 988 сон (1580-1581). Гьаниб А. Шихсагӏидовасулги М.-С. Сагӏидовасулги баяназда дан\u0002деккун, цӏикӏкӏун божилъи гьа\u0002бизе бачӏунеб буго Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадилги Ги- ничукьа Инквачил Мухӏамадилги хъвай-хъвагӏаязда. Гьелда бан абизе бегьула Кӏудияв Тӏайгиб вугин унго\u0002унголъунги XVI гӏасруялда вукӏарав чи (1521/1522 – 1159/1600), вукъунги вугин Шамалда, Хӏалаб шагьаралда. Кӏиабилев Тӏайгибил хӏакъалъулъ баянал дагьалъ цӏикӏкӏун руго. Гье\u0002сул эменги Гӏумар вукӏун вуго. М.- С. Сагӏидовасул фондалда буго квералъ хъвараб тӏехьалъул цо кесек. Гьадин хъвалеб буго гьелда: «Гьижраялда рекъон 1079 соналда (1668-69), Дугъ\u0002ри-нуцаласул вас Мухӏаммад-ханица ханлъи гьабулеб заманалда гьаб «Ва\u0002фиййа фи шарх ал-Кафиййа» абураб тӏехь квералъ хъван лъугӏизабуна Харахьиса Гӏумарил Тӏайгибица, дирго мугӏалим, Хунзахъа МуллаМухӏаммадил доба Тӏануси, рузман сордоялъ». Гьаниб бицен гьабулев Дугъ- ри-нуцаласул вас Мухӏаммад лъа- ла Мухӏаммад-нуцал Кӏиабилев гӏадинги. 1669-1670 ва 1687-1688 со- налда гьарурал хъвай-хъвагӏаяздаги буго гьесул хӏакъалъулъ. Жибго доб тӏехь ккола «ал\u0002Кафийа» абун Ибн ал-Хӏажиб (хва- на 1249 с.) абурав гӏалимчияс гӏараб синтаксисалъул хӏакъалъулъ хъвараб цӏалул тӏехьалъе Рукн ад-Дин ал\u0002Хӏасан бин Мухӏаммад ал-Астрабади абулев гӏалимчияс кьураб баян. Хӏ. Гӏумаровасгун А. Шихсагӏи\u0002довас кьураб баяналда щаялиго гьеб тӏехь хъвараб заманлъун бихьиза- бун буго 1077 (1668/69) сон. Амма гьезго тӏаде жубалеб буго квералъ гьарурал гьел хъвай-хъвагӏаязул цояб тӏанчида хъван бугила гьа- дин: «Гьаб тӏехь квералъ хъвана Гӏумарил вас Тӏайгибица, Хважал васасул вас», — ан. А. Шихсагӏидовас кӏиабилев Тӏайгиб хвараб сон лъаларин хъвани\u0002ги, гӏемерисел тарихчагӏаз мугъчӏвай гьабулеб буго гьижрияб 1108 со\u0002налде (1696/97). Гьебги буго Кьохъа гӏалимчи Султӏан-Мухӏаммадица чӏезабураб хӏужа (гьев кколаан Гӏободаса Шагӏбанил дурц, XVIII гӏасруялъул гӏалимчи Кьохъа Салма\u0002нил наслуялъул чи). Гьесул баянал\u0002да рекъон, «гӏараб гӏелмуялъул бер\u0002гьарав гӏалимчи Харахьиса Тӏайгиб хвана гьижрияб 1108 соналда». Накъшубандияб тӏарикъаталъул шайих Багинуса Шугӏайбица рикӏкӏунеб буго Тӏайгиб хванин, гьижрияб 1148 соналда (1735/36). Лъабабилеб тарихалъул данде\u0002ккунгутӏи буго гьениб – Багинуса Шугӏайбица рехсолеб буго 4 тарих, Султӏан-Мухӏаммадица – 0. Амма Тӏайгибица квералъ тӏахьал хъвараб заманлъун аслияб куцалда гьез 1660 сонал рихьизарулел руго, гьедин\u0002лъидал гьев хвараб сонлъун 1696/97 сон букӏине бегьулин ракӏалде кколеб буго. Щайгурелъул щакаб жо буго жигараб куцалда тӏахьал хъвалаго араб заманалдаса хадубги Тӏайгибица дунялалда жеги 75 сонги бан бати. Гьесул биография мухӏкан гьаби\u0002зе рес кьолеб буго, гьижрияб 1050 соналда (1630-31) Тӏайгибил эмен, Хважал вас, Гӏумарица цогидалда\u0002са босун квералъ гьабураб хъвай\u0002хъвагӏаялъ. Гьелъул сурат бахъун бачӏана Сасикьа Гӏаламудин Шейхилавин абурав гӏалимчияс. Гьаниб цебехун бицухъе, доб Тӏануси квералъ хъва- раб тӏехьалда живго Тӏайгибицаги тасдикъ гьабулеб буго жиндир эмен Гӏумар, кӏудияв эмен Хважа вукӏаравлъи. Гьеб документалъ рес кьолеб буго Тӏайгиб хвараблъун 1696/97 сон рикӏкӏине. Кӏиабилев Тӏайгибил хоб буго Харахьи росулъ, Нагитӏа абулеб бакӏалда. Исана январалда нижеца (гӏалимчи Тимур Айтберовгун, Хара- хьиса Хъайтмазов Гӏабдулбасиргун цадахъ) халгьабуна гьениб лъураб гьелъул. Амма регьел ккун, зонода тӏад гьабураб хъвай-хъвагӏай цӏализе бажарулеб хӏалалда батичӏо. Да\u0002гьа-макъабго цӏунун хутӏараб зонол тӏасияб рахъалда рихьулел ругоан накъишал.\nМугӏалимги мутагӏилзабиги\nXX гӏасруялъул байбихьуда Дагъ- истаналъул гӏалимзабазул биогра- фиязда тӏад хӏалтӏарав Дургъелиса Назирица хъвалеб буго: «Тӏайгиб вукӏана Къудукьа Мусаласулги Мохӏоса Дамаданилги заманалъул чи. Гъваридав, камилав, унго-унгояв гӏалимчиги вукӏана. Батӏи-батӏиял тӏахьазе рагӏа-ракьанде щварал бая- нал кьуна гьес. Гьелдалъун бихьула Тӏайгиб гӏатӏидаб пикру-лъаялъул чи вукӏараблъи. Аллагь разилъаги гьесда. Харахьиса Тӏайгибида ку- такалда лъикӏ лъалаан диналъул кьучӏги. Гьесул руго жинцаго хъва- рал хӏалтӏабиги, цогидазе кьурал ба- яналги». Къудукьа Мусаласул Мухӏамадил заманалда рукӏарал гӏалимзабазда гъорлъ Алкъадариса Хӏасаница рех- солев вуго Харахьиса Тӏайгибги. Кӏиабилев Тӏайгиб динияб лъай босулев Гъолода росулъ вукӏана гӏезегӏан мехалъ. Цӏоралъул магӏару\u0002лазул пачалихъияб центрлъун кко\u0002лаан гьеб бакӏ доб мехалда. Амма гьев цеве цӏаларав мугӏалим кӏиго батӏияб куцалда рехсолев вуго. Цо баяналда рекъон, Тӏайгиб цӏалана Гъолодаса Малла-Мухӏамадида цеве. Гӏали Каяевас хъвалеб буго гьев вукӏанин «Мухӏаммад бину Вали бину Муса» абурав мугӏалим (хв. 1128/1715-16 с.). Гьаниб цӏикӏкӏун божилъи гьабизе бачӏунеб буго тӏоцеве рехсолев мугӏалимасда (амма рес буго Тӏайгиб гьев кӏиясдаго цеве цӏалун вукӏинеги). Тӏайгибил хъвай-хъвагӏаяздасан бихьулеб буго гьесул мугӏалим Гъолодаса Малла\u0002Мухӏамад дунялалъул боцӏудасаги, рекӏелгъеяздасаги, цогидалдаса\u0002ги инкарги гьабун, рухӏияб рахъ цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏулев чи (аскет) вукӏараблъи. Гьебго жо жин\u0002дирго мутагӏилзабаздасаги тӏалаб гьабулеб букӏун буго гьес. Масала, гьадин хъвалеб буго Тӏайгибица щибаб къоялъ Гъолодаса Малла\u0002Мухӏамадица жидеда цере лъолел рукӏарал тӏалабазул хӏакъалъулъ: «гӏужда битӏун къойил щуябго как базе, тӏокӏалъ чӏечӏого Аллагь ракӏалде щвезавизе, пайда гьечӏеб хабаралдаса жиндирго мацӏ цӏунизе, мунагь-хӏакъалдаса рикӏкӏад чӏезе, Аллагьасул калам – Къуръан, гье\u0002динго Аварагасул хӏадисал ва имам Гъазалил «Мингьадж ал-абидин» абураб тӏехь лъазабизе». Гьелго тӏалабал Гъолодаса Малла\u0002Мухӏамадица Тӏайгибил эмен Гӏумарида цереги лъолел рукӏун руго (гьев дова цӏалулеб мехал- да). Гьелда бан Тӏайгибица хъва\u0002леб буго: «Палхӏасил, инсуца би\u0002цухъе, Малла-Мухӏамадида аскӏоб чанго сон бан буго гьес лъай боси\u0002зе къваригӏун. Цинги лъайги щун тӏадвуссине хӏадурулеб мехалда Малла-Мухӏамадица дир инсуе насихӏат гьабун буго гӏужда битӏун къойил щуябго какги базе, тӏокӏалъ чӏечӏого Аллагьги ракӏалде щве- завизе, пайда гьечӏеб хабаралдаса жиндирго мацӏги цӏунизе, мунагь\u0002хӏакъалдаса рикӏкӏадги чӏезе, Аллагьасул калам – Къуръанги, Аварагасул хӏадисалги, имам Гъа\u0002залил «Минхадж ал-абидин» абураб тӏехьги лъазабизе. Инсуца бицунаан Малла-Мухӏамад хванилан рагӏидал гьев цӏакъ пашманлъун вугила, ба- диса магӏуги бачӏун бугила, амма ха- дубго абун бугила «Инна лиллагьи ва инна илайгьи раджигӏун» (нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, гьесухъе руссинеги руго)». Гъолодаса Валил вас Мухӏама\u0002дида цере цӏалулел рукӏарал мутагӏилзабазул бищун цеветӏурав вукӏанин Тӏайгибилан абурал ба- яналги руго. Мугӏалимас гьесие гьадинаб васият гьабун бугила: «Метер къиямасеб къоялъ нижер рахъ ккве дуца, пайда босе Къуръ- аналдаса, тафсираздаса, Гъазалил гӏелмуялдаса, тӏокӏаб жоялъ нилъ хвасар гьаруларо», — ян. Хӏакъикъаталда абуни гьаниб гъалатӏ ккун батула Тӏайгибил мугӏалимасул цӏар хъвалаго. Гъоло- да вукӏана Мусал вас Мухӏамадвали. Гьединлъидал Каяевас хъва- вухъе, Мусал вас Валил, гьесулги вас Мухӏамад гуро гьев вукӏарав. Гьединго гьаниб рехсолеб бугеб мугӏалимас Тӏайгибиде гьабураб васиятги хӏакъикъаталда Малла\u0002Мухӏамадица гьабураб буго. Гӏали Каяевас кьурал баянал абуни мекъал рукӏине рес буго. Баянаб буго Тӏайгибие лъай Къу\u0002дукьа Мусал Мухӏамадил макта\u0002балда щвараблъи. Дагъистаналда, гьединго Бакъбаккул рахъалда би\u0002щун церетӏурал гӏалимзабазда цеве цӏалун хадуб Тӏайгибица байби\u0002хьула, рагьун жинцаго мадрасагун, мутагӏилзаби цӏализе росизе. М.-С. Сагӏидовасул фондалда буго Нурмухӏамадил Мухӏамадица кве\u0002ралъ хъвараб макъала — «Дагъиста\u0002налъул гӏалимзабаз Гӏабдурахӏман ал-Джамил «Шархӏ ал-Кафийа» абураб хӏалтӏи малъулеб букӏараб куц». Гьениб бицунеб буго Дагъ\u0002истаналъул мадрасабазда Ибн Хӏаджибал «Кафиййа» абураб хӏалтӏиги гьелъие кьурал баяналги, гьединго Гӏабдурахӏман ал-Джамил «Шархӏ ал-Кафиййа» ва «Фаваид ад-Дийаийа» абурал хӏалтӏаби лъа\u0002зарулел рукӏараб къагӏидаялъул. Бицунеб буго Гӏабдурахӏман ал-Джамил хӏалтӏуе Дагъиста\u0002налъул гӏалимзабаз гьарурал ба\u0002яназул, цинги гьел мадрасабазда малъулел рукӏараб куцалъул. Дагъ\u0002истаналъул гӏалимзабазда гьоркьов авторас рехсолев вуго «Харахьиса кӏиабилев Тӏайгибги». Палхӏасил, гьоркьохъел гӏасрабазда Дагъиста\u0002налда рукӏарал гӏелмиялгун лъай кьеялъул центразул кьерда лъолеб буго Нурмухӏамадил Мухӏамадица Тӏайгибил мадрасаги. Тӏайгибил мутагӏилзабазул цояв ккола XVII гӏасруялда Мачӏада гӏумру гьабулев вукӏарав устар Шайх-Мухӏаммад (гьесул зоно\u0002да хъван буго гьев хвараб сон: гьижрияб 1106 сон – 1694/1695). Гӏолохъанлъуда гьев цӏалун вуго Гӏободаса Шагӏбанидаги Харахьиса Тӏайгибидаги цеве. Мутагӏилзабазе дарсал кьеялда цадахъго Тӏайгибица хъвалел рукӏун руго гӏелмиял хӏалтӏабиги, квералъ хъвалел рукӏун руго цогидаз рахъ\u0002арал тӏахьалги. Дагъистаналъул Гӏелмияб Централъул фондалда буго Тӏайгибица квералъ гьабураб чанго хъвай-хъвагӏай. Масала, Мухӏаммад ал-Хӏусайн бину Мас‘уд ал-Ферра‘л «Китаб ал-мафатих», Шейх-Задал«Хашийа ал-Тафсир кади ал\u0002Байдави». Нахъе цӏунун хутӏун руго исла\u0002миял ихтияразулги, жинсиял гьор\u0002кьорлъабазулги, гӏараб граммати\u0002каялъулги хӏакъалъулъ Харахьиса Тӏайгибица гьарурал баянал, жин\u0002дирго мугӏалим Къудукьа Мусала\u0002сухъе хъварал кагътал. Тӏайгибица хъвана «Хашийат тагьмис», гье\u0002динго Махӏмуд бину Мухӏаммад ал-Кирмани аш-Шатибил (хва\u0002на 807/1404 с.) «ал-Иджаз» абураб хӏалтӏуе Гӏали ал-Багъдадица кьураб «Халл ал-Иджаз» абураб баяналъе жиндирго баян.\nБакълъулазул къади\nИнквачил Мухӏамадиде мугъ\u0002чӏвайги гьабун, тӏадехун бицунеб буго «Харахьиса Гӏумарил Тӏайгиб Бакълъулазул мухъалда (Гумбет) къадиясул хъулухъги жибго тун ро\u0002сулъе вачӏанин гьениб къавуда унти тӏибитӏизе байбихьидал, (988 сон (1580-81)» абун. Машгьурав гӏалимчи Тимур Айтберовасда батун буго гьелъие нугӏлъи гьабулеб документ. Гьел\u0002далъун рес буго гьединго Кӏудияв Тӏайгибилги Кӏиабилев Тӏайгибилги биографиялда хурхун цӏи-цӏиял суа- лал рижизеги. Палхӏасил, Айтберовас хъвалеб буго жиндихъ бугила «Бакълъула\u0002зулги Чачанлъиялъулги эмиразул къотӏи-къай» абураб документалъ\u0002ул копия. XVII-XVIII гӏасрабазда официалиял документал хъвалаан гьитӏинал тӏанчазда, хадуб гьезда мугьруги чӏвалаан. Мугьру чӏвалеб бакӏалде цебеккунго кӏкӏуйги речӏчӏизабун букӏунаан. Гьелъул ко- пия бахъун бугоан гьеб кагъат хъва\u0002равго чияс – Харахьиса Тӏайгибица, Бакълъулазул амирасул мирзаяс (секретарас). Гьеб ккола гьанжесеб Гумбет мухъ. Бакълъулазул дова гьеди\u0002нав чи мирзалъун яги къадилъун вукӏиналда щаклъи гьечӏо. Амма Айтберовасул баяназда рекъон, гьес гӏумру гьабулеб букӏун буго XVII гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда. Доб цебехун кьураб баяналда абулеб буго, Бакълъулазул къадиясул хъулухъги тун, Тӏайгиб гьениса 1580 соналда анилан. Гьадинаб магӏна букӏине бегьула гьелъул. Бакълъулазулгун Чачанлъиялъул эмиразда гьоркьоб къотӏи-къай ккараб заман кида букӏарабали бихьизабун гьечӏелъул, гьединго XVI-XVII гӏасрабазда Тӏайгиб абун кӏиго батӏияв чи вукӏинчӏилан Айтберовасги рикӏкӏунеб бугелъул, гьеб документ хӏадур гьабун батизе ккола XVI гӏасруялъул ахиралда Кӏудияв Тӏайгибица. Кӏиабилеб иргаялда, Инквачил Мухӏамадица хъвалеб буго Тӏайгиб Бакълъулазул дова къадилъун вукӏанин. Айтберовасухъ бугеб документалда абулеб буго гьев мирза, секретарь, вукӏанилан. Амма рес буго гьев кӏиявго гӏалимчи Авар ханасул вакиллъиялда бугеб Мелъелтӏе хӏалтӏизе ритӏун рукӏун ратизеги. Гьедин батани гьеб документ Кӏиабилев Тӏайгибица хӏадурун батула.\nЛъабабилев Тӏайгиб\nГраждан рагъул заманалда, 1920 соналда, гӏарадаялъ росулъе кьвагьун бачӏараб жоги щун, хвана гьев кӏиявго Тӏайгибил наслуялъул чи — лъабабилев Тӏайгиб. Палхӏасил, батӏи-батӏияб заманалда Харахьи вукӏун вуго Тӏайгиб абун цӏар бугев лъабго гӏалимчи. Гьедин гьеб тухумалъ гӏелму тӏибитӏизабулеб букӏун буго лъаб- го гӏасругун бащдаб заманалъ. Гьел сабаблъун гӏелму тӏибитӏизабулеб гӏадат билълъанхъана Дагъистаналъул цогидал росабалъги (Кьохъ – Салманил наслу, Гӏириб – Тӏалхӏатил наслу ва цогидал).\nМаркъо ШАГӏБАНОВ, Гӏабдулбасир ХЪАЙТМАЗОВ"}
{"slug": "15684-grippishch-omikronishch-yagi-kiiyabgo-tsadakh-ishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15684-grippishch-omikronishch-yagi-kiiyabgo-tsadakh-ishch", "title": "Гриппищ, «Омикронищ» яги кӏиябго цадахъищ?", "date": "2022-01-26 21:21:36", "categories": ["med"], "text": "Ковидалда сверухъ республикаялда ахӏвал-хӏал нахъеги хӏалуцине байбихьана. Сордо-къоялда жаниб 150-200 унтаразул ахӏиял къабул гьарулел руго поликлиникабазгун амбулаториялъулал сахлъи цӏуниялъул идарабаз. Киналго унтарал жиндир заманалда больницабазде щвезаризелъун, по- ликлиникабазе тӏадеги кьун буго цӏияб автотранспорт. Гьединго боль- ницабахъ цӏикӏкӏинабун буго койкабазул къадарги. Унтаразул рахъалъ бищун кӏудияб къадар букӏана араб гьатӏан къо- ялъ, 23 январалда — 342 чи. Итни къоялде гьезул къадар гӏодобе ккана 283 чиясде, амма ноябрь моцӏалда цо сордо-къоялъ унтун рукӏаразул къадаралда дандеккун гьеб тарихги кӏудияб букӏана — доб мехалъ сор- до-къоялда жанив унтун вукӏана 210 чи. Гриппгун ОРВИ гӏадал унтаби тӏиритӏулел рукӏиналда бан, 24 ян- варалдаса байбихьун республикаялда цо-цо школазда лъазабун буго рокъосанго цӏалиялъул низам. Мисалалъе, Буйнакск районалда киналго школал къан руго. Гьедин- го цо-цо школал къан руго Бабаюрт ва Лъаратӏа районазда. Тӏуранго къан гьечӏониги, бутӏа-бутӏа ккун рокъосанго цӏалиялде руссун руго Гъизилюрт, Каспийск ва Махӏачхъала шагьаразда, Новолак ва Нугъ- ай районазда ругел цо-цо школалги. Гӏаммаб къагӏидаялъ рокъоре къотӏун руго 12 544 цӏалдохъанги 2289 школалъул хӏалтӏухъанги ва 978 учительги. Дистанциялъулаб низамалде рачунел школазул къадар дагьабги цӏикӏкӏине рес бугин абуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъ. Гьедин буго гьабсагӏат иш гӏодоблъиялда. Магӏарухъ кинаб ахӏвал\u0002хӏал бугебали цӏех-рех гьабун чанго районалдаса ахирисел баяналги ракӏарана нижеца.\nЧӏарада\n— Нижер районалда гьабсагӏат коронаялъ унтун больницаялда вегун вуго кӏиго чи. Цебесеб анкьалъ вукӏана лъабгояв. Амбулаторияб къагӏидалъ ун- тун вуго 18 чи, цебе букӏараб ахӏвал-хӏалалда дандеккун гьеб кӏудияб та- рих кколаро. «Омикрон» абураб, коронавирусалъул цӏияб штамм районалде жеги щун гьечӏо, цо талихӏалъ. Гӏаммаб куцалъ абуни, гьабсагӏат районалда чӏара-хьараб хӏал буго ковидалъул рахъалъ. Дару-сабаб гӏураб къадаралда буго, лабораторияги кинабго хӏажатаб къайи-цӏаялдалъун хьезабуна, экс- пресс-тесталги хӏалтӏулел руго. Хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо. Щайин абуни микьго-ичӏго чиги сордо-къоялда жанив унтарал хӏужаби рукӏана, гьанже Аллагьасе рецц гьабизе ккола, унти дагьаб гӏодобцун букӏиналъ. Гьалдаса хадубги хӏалуцинареб батила. Унтуда дандечӏеялъе нижецагоги хӏалтӏи гьабулеб буго. Гьабсагӏат рай- оналда вакцина гьабун буго халкъалъул 71 проценталъ. Планалде босун букӏараб къадаралда рекъон балагьани, гьеб лъикӏаб хӏасил ккола. Асли- яб къагӏидаялъ вакцина гьабурал чагӏи ккола бюджеталъул идарабазул хӏалтӏухъаби. Бищун гӏемер вакцина гьабуна лъай кьеялъул хӏалтӏухъабаз — 91 процент. Бокьилаан гӏолохъабазги гьелде кӏвар кьолебани, вакцина гьа- буразда гьоркьор гӏолохъанаб гӏел дагьаб буго. Гьедин буго гьабсагӏат Чӏарада районалда ковидалда сверухъ бугеб ахӏвал\u0002хӏал, — ан бицана райбольницаялъул бетӏерав тохтур Къурбан Рамазанова\nГъуниб\nРайоналда гьабсагӏат батӏаго квешаб хӏал гьечӏо. Больницабазда вегун вуго ичӏго чи. «Омикрон» штамм жеги районалде щун гьечӏо. Щибаб къой\u0002ил гӏадин росабалъа ПЦР-тесталги ракӏарула нижеца. «Омикрон» бугищ\u0002гьечӏищали циндаго лъазеги кӏоларо. Анализал цин Москваялде ритӏизе ккола, гьезул хӏасил хадуб гурони лъаларо. Жалго сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазда гьоркьорги положительниял тестал ратарал чагӏи ругин абуна, тӏокӏалъ чӏечӏого вирус бугел чагӏазда гъорлъ хӏалтӏулел ругелъул гьеб бахинчӏого хутӏилищха. Гӏаммаб къагӏидаялъ абуни, хӏалуцин гьечӏо районалда. Дару-сабабги къваригӏарабщинабги буго, батӏаго хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо, — ян бицу\u0002неб буго Гъунисан нижехъе щвараб баяналда.\nШамил\n— Райбольницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Гӏали Хӏамзатовасул баяназда рекъон, араб рузман къоялъ, ай 21 январалда, гӏамм гьабун рай- оналда унтаразул къадар букӏана 80 чи. Амма, арбагӏ къоялде, ай 26 янва- ралда рачӏарал цӏиял баяназда рекъон, гьабсагӏат 17 унтарав вуго стацио- наралда ва 112 чи — рокъор дару-сабаб гьабулезул. Гьезда гъорлъ 123 чиясул «Ковид-19» букӏин чӏезабуна анализаз. Гьаб ункъо къоялда жаниб унтаразул къадар цӏикӏкӏун букӏин бихьулеб буго. Ахирисел къоязда унтаразул къадар циндаго цӏикӏкӏун бачӏанин ва Гьолокь росулъ ругин бищун гӏемер унтара\u0002лин абуна Гӏ. Хӏамзатовас. Гьелдаго цадахъ вакцина гьабуразул къадарги цӏикӏкӏана — 21 январалда 9294 чиясе щун букӏана «Ковидалде» данде вакци\u0002на. 26 январалде гьеб гьабуразул къадар бахана 9543 чиясде.\nЦӏалул идарабазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун ва сахлъи цӏуниялде данде гьарулел ругел хӏалтӏабазул баян кьуна лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас. Щибаб къоялъ районалъул школаздаса информация бачӏуна гьезухъе. Цӏалдохъабазул ва мугӏалимзабазул мухъ\u0002илъ ковидалъ унтарал гӏемер гьечӏин баян кьуна гьес, амма гриппалъ ун\u0002тарал камулел гьечӏо. 26 январалъ рачӏарал баяназда рекъон, районалда 177 цӏалдохъан унтун вуго гриппалъ. Полициялъул нухмалъулев М. Гьитӏинамухӏамадовас бицана районал\u0002да цӏуна-къаялъул низам чӏезабиялъе ОМВДялъ хӏалтӏи гьабулеб бугилан. Вакцина гьабураб QR-код гьечӏого киналниги тадбирал гьукъун руго. Районалъул оперативияб штабалъ жамагӏаталде хитӏаб гьабулеб буго щивав чияс жидеего цӏодорлъи гьабеян, цӏа-кан бахарав чияс, унти балъ\u0002го гьабичӏого, рокъор чӏун тохтурзаби ахӏеян. Гьединго гьез гьарулеб буго цӏикӏкӏун гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏаян, рацӏцӏалъи цӏунеян, кверал чуреян, дезинфекция гьабеян ва маскаби раян, — абун би\u0002цана Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул бетӏерай редактор Патӏимат Мухӏамадовалъ\nЛъаратӏа\n— Гьабсагӏаталда районалда «Ковид-19» букӏин чӏезабун буго 74 чиясул. Гьезда гьоркьоса 14 сонил ригьалде щвезегӏан ругел лъимазул ункъояв, 14- 18 сон баразул цо чи ва 18 сон баралдаса тӏадехун ригьалъул унтун вуго 68 чи. Амбулаторияб куцалъ сах гьавулев вуго гьабсагӏат 22 чи. Сах гьавун къватӏиве виччана 50-яв. Больницабазда вегун вуго анкьго чи. Гьанжелъагӏан унтаразда гъорлъ хварав чи ккечӏо. Вакцина гьабун буго 12 937 чияс. Гьединаб баян щвана нижехъе Лъаратӏа райбольницаялдаса.\nЦӏумада\n— Гьабсагӏат больницаялда вегун вуго щуго чи. Гьезул кӏигоял ккола «Ко\u0002вид-19» бугел, лъабгоял — пневмониялъ унтарал. Захӏматго унтарал чагӏиги гьезда гъорлъ гьечӏин бицана райбольницаялъул тохтур-эпидемиолог Мухӏамад Мухӏамадкеримовас. Ковидалъ унтарал чагӏи гьабсагӏат районалда гӏемер гьечӏо, руго ОРВИ, грипп щварал гӏадамал. Гьелги рокъосанго сах гьарулел руго. Цӏакъго хӏалуцараб ахӏвал-хӏал районалда гьечӏолъиялда бан, школал къан, рокъосан\u0002го цӏализе кколеб низамалде рачӏине ккараб хӏал гьечӏин абуна районалъул администрациялдаса нижехъе щвараб баяналда, — ян бицана «Цӏумадисезул гьаракь» газеталъул жавабияй секретарь Зульфия Сажидовалъ. Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул идарабаз халкъалде хитӏаб гьабулеб буго цӏодорлъи гьабейин, маскаби рачӏого къватӏире рахъунгейин абун. Кве\u0002разде ва гьурмаде пунхъулеб лъамалъи кодоса билизе биччагейин. «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазги киналго магӏарулазе гьа\u0002рула сахлъи. Тохтурзабаз рихьизарурал тӏалабалги тӏуралаго, цӏуна\u0002къан рукӏа. Цӏикӏкӏун ражи ва лимон кванай, гьалараб куракул лъим гӏемераб гьекъе. Умумузго хӏалтӏизабураб щулияб дарман бугин, воре, рокъоса тӏагӏине биччаге. Унтизе чӏоге, гьудулзаби.\nГьумер хӏадур гьабуна Ашахан ЮСУПОВАС."}
{"slug": "15694-s-melikov-vaktsina-gabizegiangi-tsiodorgo-chia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15694-s-melikov-vaktsina-gabizegiangi-tsiodorgo-chia", "title": "С. Меликов: «Вакцина гьабизегӏанги цӏодорго чӏа»", "date": "2022-01-27 10:09:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ковид хисун бачӏараб «Омикроналъ» гьужум гьабизе байбихьун букӏиналъул бицана Сергей Меликовас 25 январалда республикаялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда.\nДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Меликовас мисалалъе бачана мадугьалихъ бугеб Ставрополь край. Гьенир гӏадин кӏудияб къадаралда гӏадамал унтичӏониги (900 хӏужа), нилъер гьанивги лъабнусго чиясул анализазулъ тӏатун буго «Омикрон».\nГьелдаса цӏуна-къаялъе вакцина гьабизе ракӏалде ккун батани, гьелъул хӏасил 40 къоялдасан гурони загьирлъуларин мухӏкан гьабуна Меликовас. Гьединлъидал гьелде щвезегӏанги маскаби ххун, гӏемерав чи вакӏарараб бакӏалде инчӏого чӏун, антисептикал хӏалтӏизарун, кутакалда цӏодорго чӏаян хитӏабги гьабуна Сергей Меликовас дагъистаниязде"}
{"slug": "15695-kovidal-chiyase-kolebgianaseb-giazabishch-geb-vaktsinayal-keleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15695-kovidal-chiyase-kolebgianaseb-giazabishch-geb-vaktsinayal-keleb", "title": "«Ковидалъ чиясе кьолебгӏанасеб гӏазабищ гьеб вакцинаялъ кьелеб?»", "date": "2022-01-27 10:11:35", "categories": ["med"], "text": "27 январалда тӏобитӏизе кколаан ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессия. Амма гӏезегӏан депутаталги унтун ратун, февралалдалъагӏан гьеб нахъбахъана. Чӏванкъотӏун чӏезабураб къо гьечӏо жеги гьелъие.\nКоронавирус тӏибитӏунгутӏиялъе хӏалтӏи гьабизелъун республикаялда гӏуцӏараб оперативияб штабалъ 25 январалда къватӏире кьурал хӏужаби гьадинал руго:\n69 853 – коронавирус букӏин чӏезабурал гӏадамазул къадар (сордо-къоялда жанив тӏаде вачӏунев вуго 290 чи).\n62 598 чи сахлъун вуго (сордо-къоялда жанив — 94 чи).\n3 309 чи хун вуго (сордо-къоялда жаниб лъабго чи).\n3 934 513 – республикаялда цӏех-рех гьабун буго гьебщинаб тесталъул.\n5 098 чи гьабсагӏаталда изоляциялда вуго.\nГьеб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, нижеца гьитӏинабго гьикъа-бакъи гьабуна Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулел цо-цо чагӏазда гьоркьоб. Гьез бицунеб буго вакцинаялда хурхун жидерго пикру.\nРисалат, учительница:\n— Дие кутакалда бокьун буго ревакцинация гьабизе. Гьелъие заман щола 13 февралалда («Спутникалъул» кӏиабилеб компонент дица 13 августалъ гьабуна). Тӏоцебе гьеб гьабулеб мехалдаги рукӏана гӏадамазул харбал, щакдараби. Гьоболлъухъ щвараб бакӏалда вакцина гьабунин бициндал, гьедин батани, дуе хвезе кӏиго сон хутӏун бугилангицин абуна дида цо гӏагарай гӏаданалъ бадибе килищги битӏун. Елъизейищ кколей, семизейищ кколеяли лъаларого, цӏоро-гъорон дунги хутӏана.\nПалхӏасил, гьединалго харбал гьанжеги камулел гьечӏо. Букӏаниги, дица гьезухъ гӏинтӏамуларо. Дир гьудул йиго тохтур. Гьелъ мухӏканго бичӏчӏизабуна дида щиб кинали. Ковидалъ чиясе кьолебгӏанасеб гӏазабищ гьеб вакцинаялъ кьелеб?\nДица дарсал кьолеб Махӏачхъалаялъул школалда анцӏго класс буго дистанционкаялда чӏезабун. 18 учитель унтунги вуго. Гьединлъидал дицаги диего цӏодорлъи гьабизе ккеларищ? Дида ккола гьадаб риидал гьабураб «Спутникалъ» йорчӏун ккезаюнин дунилан. Гуреяни, некӏого босной лъун йикӏунаан. Лъолареб хӏалги лъугьун гьечӏелъулха аб шагьаралда.\nНуцалай, пенсионерка:\n— Дица вакцина гьабуралдаса битӏун лъагӏел ана. Цӏидасанги гьабиладай-гьабилародайилан гьебилан ургъулей йиго, битӏараб бицани. Тӏоцебесеб нухалда дица гьеб Москваялде щведал гьабун букӏана. Дир ясалъул яс йиго доя тохтурлъиялъе цӏалулей. Валлагь, сверухъ гьабщинаб халкъ унтараб мехалда цо дагьабниги мегӏер чвахараб жогицин ккечӏо дие.\nДир васасни лъабцӏул гьабуна вакцина. Гьев Сибиралда нарт бахъулеб бакӏалда бригадирлъун хӏалтӏулев вуго. Справка къваригӏунеб букӏин гуребги, гьев кутакалда жиндирго сахлъиялда хадув халкколев васги вуго.\nГӏалихӏажияв, МВДялъул ветеран:\n— Битӏараб бицани, хӏукуматалъул хъулухъалдаги гьечӏелъул, лъицаниги тӏалаб гьабуларого бугелъул, вакцина гьабичӏого хутӏана. Гьанже сахлъи щула гьабизе санаториялде ине бокьун буго, гьединлъидал гьеб гьабичӏого тӏуваларин ккола.\nДир ясалъ гьабуна вакцина. Гьей учительница ккола.\nМарина, журналист:\n— Дунги росги унтун рокъор руго гьал къояз. «Омикроналъ» унтун ругилан кколеб буго нижеда. Тестазул жаваб щвечӏо жеги. Нижеца кӏиязго вакцинаги гьабун букӏана гъоркьиса риидал. Гьединлъидалгӏаги батила, цо кутакалда гӏарз бахъизе кколеб хӏалалда гьечӏо ниж, цо талихӏалъ. Риидал «Спутник» гьабун букӏинчӏебани, гьанже нижее гьаб унти цӏакъго захӏмалъизе букӏун батила.\nХӏадур гьабуна\nЗульфия Хӏажиевалъ"}
{"slug": "15696-gaz-bachine-900-mln-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15696-gaz-bachine-900-mln-g-urushch", "title": "Газ бачине-900 млн гъурущ", "date": "2022-01-27 10:13:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 25 январалда Сергей Меликовас тӏобитӏараб данделъиялда бицана республикаялъул шагьараздеги росабалъеги газ бачиналъулги энергетикаялъулгун ЖКХялъул предприятиял церетӏезариялъул\nГаз бачиналъул иш хехлъизабиялъул хӏакъалъулъ хабар ккун букӏана дагьалъ цебегӏан гьабураб Россиялъул президент Владимир Путинилгун журналистазул пресс-конференциялда. Гьединго гьал къоязда регионазул бутӏрузулгун, газалъул компаниязул нухмалъулезулгун букӏараб дандчӏваялда улкаялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Александр Новакицаги гьоркьоб лъун букӏана гьебго суал. Гьелда гӏахьаллъана Сергей Меликовги.\nАмма цебеккун хӏисабалде босараб къагӏидаялда газ бачун бахъиналъе гӏезегӏан квалквалал кколел руго газалъул рогӏрал басралъун рукӏиналъ, батӏи-батӏиял объектазул бетӏергьанлъи чӏезабиялъул иш хадуб бехъерхъиялъ. Гьелъ нахъе ккезабулеб буго рукӏа-рахъиналъул магӏишаталъул идарабиги.\nРеспубликаялъул энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрасул ишал тӏуралев Ризван Мурадовас бицухъе, хасаб план-графикалда хӏисабалде босун буго исана газ 2046 минаялъубе бачине. Гьеб бачеян гӏадамаз гӏарзаби кьолел руго МФЦялдеги бакӏалъулал администрацияздеги. Масала, 25 январалде кьун буго 1279 гӏарза.\n«Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъул исполнительнияв директор Олег Чиглинцевасул рагӏабазда рекъон, нилъер регионалда газ бачинелъун гӏуцӏараб программаялъе биччан буго 900 миллионалде гӏагарун гъурущ.\nЖиде-жидер минабахъе, участоказде газ бачунаго гӏадамаз харж гьабулеб гӏарац кин дагьлъизабилебалиги, гьеб рахъалъ пачалихъалъул кумек кинаб букӏине бегьулебалиги дандбана гьениб."}
{"slug": "15698-batii-batiiyal-ruk-alabi-rarab-yurg-anl-un-bikhula-dag-istan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15698-batii-batiiyal-ruk-alabi-rarab-yurg-anl-un-bikhula-dag-istan", "title": "«Батӏи-батӏиял рукъалаби рараб юргъанлъун бихьула Дагъистан»", "date": "2022-01-27 10:22:36", "categories": ["rel"], "text": "«Ахираб заманалда этнографиялдехун бербалагьи хисулеб буго. Гӏадамазе бокьулеб буго жидергоги цогидал халкъазулги гӏадатал ва рукӏа-рахъин лъазабизе. Цо-цояз абуни гьелъие гӏоло жидерго махщелцин хисизабулеб буго. Масала, тохтурас лъазабулеб буго умумузул заманалда букӏараб халкъияб дару-сабаб, гьанжелъагӏан музеязда яги кабинетазда жанирги чӏун гӏелму лъазабулел рукӏарал гӏадамал рахъунел руго некӏсиял росабалъе хьвадулел гидал-оператораллъун. Амма этнографиялъе кьучӏ лъезе ккола тарихияб лъаялъ». Гьедин байбихьана Гъуниб районалъул Ругъжаса тарихиял гӏелмабазул кандидат Майсарат Мусаевалъулгун нижер гара-чӏвари.\n—Майсарат, дица цӏалун букӏана Юлий Цезарь, Александр Македонский гӏадал, бащадаб дунял кверде босарал чагӏаз чияр ракьал рахъилалде цере цин гьезул гӏадаталги рукӏа-рахъинги лъазабулеб букӏанилан. Этнографал гӏадал чагӏи кколел рукӏун ругоха гьел.\n— Унха, жидеца кверщел гьабураб ракьалда хадубккун жидерго сиясат билълъанхъизабизе ккани, гьез гьеб бакӏалъул гӏадамазул гӏамал-хасиятги цебеккунго лъазабизе ккелароанищха.\nГьединго Россиялъ Кавказ мутӏигӏ гьабулеб заманалдаги гьелда церехунги нилъер гьаниреги гӏемер рачӏунаан сапарчагӏиги, тохтурзабиги, тарихчагӏиги, художникалги. Гьез нахъе тарал хъвай-хъвагӏаяз нижее кӏудияб кумек гьабуна доб заман цебечӏезабизе. Масала, Усларица (ХӀX гӏасруялда Кавказалъул мацӏалги рукӏа-рахъинги лъазаризе Россиялдаса витӏун вачӏарав гӏалимчи барон Петр Карлович — авт.) хъвалеб буго дагъистанияз гӏелмуялъул гьабулеб букӏараб къиматалъул. Жидер лъималаз гӏелму цӏализе бокьичӏеб цониги хъизан гьечӏин Дагъистаналдаян бицунеб буго гьес. Гьединго Н. Львовасги хъван буго «Рокъобги хъизамалдаги магӏарулазул гӏумруялъул» хӏакъалъулъ. Жеги гӏезегӏан руго тохтурзабаз нахъе тарал гьединал хӏалтӏабиги. Гьезие кутакалда интерес букӏараб къагӏидаха нилъер. Гьезда гӏайиб щиб, цониги бакӏалде щведал, нилъеегоги бокьуларищха батӏияб халкъалъул рукӏа-рахъинги гӏадаталги лъазе. Цо-цо мехалда нилъер гӏадатал ричӏчӏичӏого, гьел цӏакъ вахӏшиял, гӏалхулал ругинги хъван батула гьез.\nДица абула Дагъистан бугин батӏи-батӏиял рукъабаздасан букъараб юргъан гӏадаб бакӏилан. Цого кьолбол чагӏиян кканиги, щибаб халкъалъул буго жиде-жидер хаслъи. Гьединлъидал этнография гьабсагӏат модаялда буго. Амма мода ун-бачӏун букӏуна. Нижеда тӏадаб жо ккола соналдаса соналде тӏагӏун унеб тарихалъул хъвай-хъвагӏай гьаби. Гьанже глобализациялъул заманалда сверухъ лъугьа-бахъунелъул хӏисаб гьабизецин бажарулеб гьечӏо. Бер къапилалде хисулеб-сверулеб буго дунял. Интернеталъ нахъе цуна телевидениегун радио, батӏи-батӏиял технологиял. Гьединлъидал хӏинкъи буго нилъер рукӏа-рахъиналъулги гӏадатазулги хаслъи цогидал халкъазулазда гъорлъ жуба-гъубалин абун.\n— Гьеб хаслъиялдехун гӏадамазул интерес кидалъагӏан букӏинин кколеб дуда?\n— Нилъеца къимат гьабулебгӏан мехалъ букӏине батила гьелъул кӏвар. Амма дида ккола дагь-дагьккун гӏиси-бикъинал хиса-басиял лъугьинин гӏадатазулъги рукӏа-рахъиналъулъги. Масала, табасараназул халичаби кьералги хисизарун рессулел руго гьанже. Амма рессулеб къагӏидаги накъишалги гъолго руго. Гьел накъишазулги жидерго магӏна букӏуна. Цо хасаб мацӏ буго гьезул.\nЭтнографлъун яхъинегӏангоги рокьулаан дие нилъецаго рессарал халичаби. Дица гьеб дирго рокъобги тӏамун буго.\nДирго лъималазулъги куцана умумузул рукӏа-рахъиналдехунгун гӏадатаздехун рокьи. Амма гьезул лъималаз гьелъул кӏвар гьабилебищали лъаларо. Гьединго цогидазул лъималазгиха. Глобализациялъ пикру хисизабизе рес бугелъул. Гьединго цӏирахъарал жал бищун ахиралда гурони щоларо Кавказалде. Консерваторал гӏемераб бакӏ буго гьаб. Амма гӏезегӏан мехалъниги хутӏилародайха гьелде цӏияб заманалъул унти бахинчӏого? Кӏудияб ригьалъул гӏадан йигониги, гьанжесел шартӏазда гӏумру гьабизе бокьула дие. Амма руго цо-цо рахъал хисичӏого хутӏизе анищан ккаралги. Рухӏияб культура хутӏулебани умумуздасан нилъехъе бачӏараб куцалда. Гьединал чагӏи цӏикӏкӏун ругебгӏан мехалъ цӏунизе кӏвелаан нилъерго хаслъи.\n— Масала, умумузул гьалбадерил цебе къимат гьабулаан. Гьанже лъугӏун унеб буго гьелъул магӏна. Цо рахъалъ босани, лъазего лъаларев чи киндай умумуз рокъове виччалев вукӏарав?\n— Жакъасеб гӏумруялъул шартӏал батӏиял ругелъул кколаха нилъеда гьедин. Амма доб мехалда иш батӏайисн букӏана. Цӏикӏкӏун божилъи букӏана цоцаздехун. Гьединго даран-базар сабаблъун баккараб гӏадат буго гьеб. Пуланаб росулъе вачӏарав чиясдасан кинабгӏаги зарал букӏунароан гӏадамазе – гьес гьезие гӏицӏго ракӏ хинлъизабулел харбалги лъикӏаб къайигилъидал босун бачӏунеб букӏараб.\nГьанже сордо борчӏун гьобол лъихъниги чӏоларо, нахъ вуссун ине транспорт букӏиналъги магӏарухъ гостиницаби рагьиялъги. Амма, кин батаниги, гьоболасдехун умумулъанго бачӏараб хинаб бербалагьи букӏуна нилъелъ. Умумузул гьалбал киса рукӏаралалиги лъала.\n— Расулица кочӏолъ хъвалеб буго тӏагърал рехизе Тӏадмагъилъе рилълъаян. Гьеб унго-унголъунги букӏараб гӏадатищ яги шагӏирас ургъараб жойищ? Гурони, магӏарухъ матриархат букӏин бихьизабулеб буго гьелъ.\n— Матриархаталъул бицани, гьеб кьучӏ гьечӏеб жо ккола. Цоял чӏола букӏанин гьедин, цогидаз абула букӏинчӏин. Дир хӏисабалда, тӏагърал рехи ккола гӏицӏго гӏадат (матриархат гуреб). Батӏи-батӏиял рукӏаралъул гӏадаталги. Мисалалъе, букӏун буго заман чӏужугӏаданалъ рос жинцаго тӏаса вищулев. Кавказалъул рагъул заманалда имам Шамилицаги цӏи гьабун буго гьеб. Щай абуни, гъазаваталдаса хадуб бихьинал дагьлъун, руччаби гӏемерлъун рукӏиндал.\nТумазулги букӏун буго гьединаб гӏадат — росасе кьезе гӏурай ясалъ сардилъ болкъотӏноеги яхъун, ахӏулеб букӏун буго жиндирго рекӏелъ восарав чиясул цӏар. Цинги гьес гьей ячине кколейги йикӏун йиго.\n— Буртинаялда гӏандадерилин щай абулеб? Цогидаб бакӏалда гьабуларого букӏунищ?\n— Кавказалда буртина гӏемерал бакӏазда гьабулаан, амма цогидазухъа гьеб гӏандадерихъа гӏадаб лъикӏаб, щвалде щвараб лъугьунеб букӏинчӏо. Гьедин бачӏараб буго гӏандадерил абун цӏарги. Хӏисаб гьабидал, гьелдаса гьабизе бигьаяб жоги батиларин ккола дида — я бессизе, я букъизе кколаро. Бухӏараб лъимги тӏун, данде букӏкӏараб тамахаб квас зурула, лълъулълъала, цӏацӏала, нахъойги зурула. Гьедин лъугьуна буртина.\nБессичӏого гьабураб ххамин абизе бегьула гьелде, квасул ххам. Жибго буртинадул чан батӏияб ретӏел магӏарулаз гьабулеб букӏараб? Буртинадул тӏагъур, вехьасул куртка, гурдецин букӏана гьелъул. Амма бищунго машгьурлъана гӏандадерил буртина.\nГьелда тӏасан гӏелмияб диссертация хъвана Правовой академиялда хӏалтӏулей йигей Раисат Гӏизудиновалъ.\n— Цебе бихьиназулги руччабазулги жиде-жидер дандеруссиналги кучӏдулги рукӏун руго. Хӏатта, мацӏгицин буго. Масала, Къорода буго гӏицӏго руччабаз бицунеб мацӏ.\n— Болмацӏалда гьабсагӏатги гье чӏищха бихьиназулги руччабазулги жидерго междометиялцин. Миса- лалъе, руччабаз гурони абуларо, вай, вуй, гьарайилан. Гьединго гӏицӏго бихьиназ абула ияхӏ, вахӏилан. Цебе магӏарухъ гваялгун дан- деруссиналги рукӏунаан бихьи- назул батӏаго, руччабазул батӏаго. Цӏоросаролъ чӏучӏине, квас самизе ва цогидабги ишалъе данде ракӏарулаан руччаби халатал кьиндалил сардаз. Цоялъ бачӏунаан бухӏилаго кинаб букӏаниги тӏагӏам, цогидалъ пихъмичӏ, къокъго абуни, гьел рукӏана жидеего рекӏелгъеялъеги хӏалтӏуе кумекалъеги ургъарал тадбирал.\nГьединго гӏицӏго бихьиназул дан- деруссиназул цояб кколаан — ихдалил рекьуде гӏагарлъулелъул, рос лъабго моцӏалъ чӏужуялдаса батӏаго чӏей. Хъун оцгун, кванан гьангун, рухӏжаналда оцбаялъулъ гӏахьаллъизе хӏадурлъулел рукӏунаанила гьел. Къец бан рекьаризеги, рекеризеги, кӏанцӏизеги къуват къваригӏунеб букӏиндалха.\n— Цо-цо росабалъ гьанжеги цӏунун ругел гӏадатазухъ яги беразул ссуялъухъ балагьун, къватӏиса рачӏарал къавмазул цӏарал абула гӏадамаз. Гьелъул магӏна щиб?\n— Тарихчи Дубровиница, масала, хъвалеб буго ругъеж ягьудиял кколаанин. Щайин абуни, росабазе унеб мехалда гьезул ясаз бутӏрулги кӏкӏвалин, чи хвараб мехалда руччабаз ботӏродаса расалги тӏолилан. Амма гьез бутӏрул кӏкӏваялъул тӏубан батӏияб магӏна буго.\nМуни росулъ ягьудиял рукӏанилан абизе кӏола дида. Дун дое щвана. Гьениб гьабсагӏатги буго жугьутӏазул абун басрияб хабзал. Амма бищун кӏвар кьезе ккараб жо гьениб цогидаб буго — гьез жакъа къоялъги щибаб шамат къоялъул къаси хӏедучирахъал ракулел руго. Гьелъул магӏна щибин гьикъидал, лъаларин жаваб кьуна гьез, жидедаги гьедин гьабулеб батанила умумуз. Гьебин абуни ккола жугьутӏазул гӏадат – шаббат – шамат къоялъул къаси хӏедучирахъалги ракун, хӏухьбахъи гьаби.\n— Дуца гӏелмияб хӏалтӏи хъван буго хъваршисезул рукӏа-рахъиналъул хӏакъалъулъ. Мун гьений сунца гӏажаиблъизаюрай?\n— Дун гьение щвараб тӏоцебесеб соналъ (1986 сон букӏанин ккола) жеги токцин бачун букӏинчӏо росулъе. Хадусеб соналъ бачун батана. Гьениб дие бицана росдал гьадинаб гӏадаталъул хӏакъалъулъ. Нилъеда лъала росас цӏар тӏамурай гӏадан, исламалда рекъон, цогидав чиясе инчӏого, цӏидасан гьевгун рекъезе бегьулареблъи. Гьединлъидал хъваршисезул (Хъварши, Хонох, Тӏаса ва Гъоркьа Инхокъвари, Кӏванкьада, Санкьада, Хъвайни росабалъ) вукӏун вуго лъабго къоялъ гьединай чӏужугӏадан ячунев хасав чи. Тӏад тӏанкӏги бугеб, сурмияб кьералъул тӏагъурги букӏунаанила гьесда тӏад, киназдаго лъалевги вукӏун вуго гьев. Гьединай гӏадан ячун-йиччаралъухъ гӏарацги кьолеб букӏун буго гьесие. Хъваршисез бицунеб букӏана нагагьлъун гьей гӏадан нахъе йиччаларин чӏани, долъул росас гьесие цӏикӏкӏун гӏарац кьезе кколеб букӏун бугила.\nГьелдасаги гӏажаибалги жеги гӏезегӏан гӏадатал рукӏун ратила. Амма гьезул цо-цоял кӏочон тун, цогидал намуслъун яги гӏурус мацӏ лъангутӏиялъ дун гӏадин магӏарухъе рачӏарал этнографазе рицинчӏого хутӏун ратила.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "15700-mungo-dudago-bozhichioni-magiishat-tsebetiolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15700-mungo-dudago-bozhichioni-magiishat-tsebetiolaro", "title": "«Мунго дудаго божичӏони, магӏишат цебетӏоларо»", "date": "2022-01-27 10:29:29", "categories": ["gara"], "text": "Шамил районалъул Мачӏадаса Ахӏматӏов Ибрагьим лъаларев ва гьесул бицунеб рагӏичӏев чиги къанагӏатги ватиларо магӏарулазда гьоркьов. Гьес нухмалъи гьабулеб Гъизляралъул «Концерн КЭМЗ» ОАОги буго дунялалдаго машгьураб предприятие. Хасго чӏахӏи-чӏахӏиял заводазда тӏад цебего къоноги чӏвараб, заманаялъул «гудракьа рорчӏизе» кӏвечӏого гьел хӏурудахъ араб мехалъ, жакъаги Ахӏматӏовас нухмалъи гьабулеб заводалъул гуч буго.\nАраб анкьалъул ахиралда редакциялде вачӏарав Ибрагьимилгун харбида рукӏана ниж. Ахӏматӏовас бицана миллияб газеталъулгун жиндир киданиги гьоркьоблъи тӏечӏиланги, заводалъул жакъасеб хӏаракаталъулги, санкциязулги, дандчӏвалел квалквалазулги ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.\n«Сахал гӏадамал рихьулел гьечӏо, цере чӏаниги»\n— Жакъа нилъер пачалихъалда хӏалтӏулев чиясул гьабулеб къимат бихьулеб гьечӏо, — ян байбихьана Ибрагьимица. – Мисалалъе росизин халкъияб информациялъул алатал. Цебе, дун гӏолохъанаб заманалда, телевидениялдасан, хӏатта кинофильмабаздасанги, рихьизарулел чагӏи рукӏана захӏматчагӏи. Вехьасул, дояркаялъул, хурухъабазул, гьез гӏетӏги тӏун гьабураб магӏишаталъул кӏудияб адабалда бицунаан. Гьанже балагье, щал рихьизарулел ва щал реццулеб ругеб телевидениялъ, газетаз? Артистал, кочӏохъаби ялъуни ботӏрода жанир гьури бахъарал, блогерал ругин жалин чӏарал цо къавмалъул бицуна киса-кибего. Бащдал толохӏочарал, тӏадагьаб хьвада-чӏвадиялъул артисткаби ялъуни кочӏохъаби — гьел руго жакъа ссиялда. Амма инженералги махщелчагӏиги кӏочон тун ругеб гӏадаб хӏисаб буго.\nРакӏалда буго, «Рен-ТВ» каналалъ жидерго эфиралдасан чанго нухалда бицана Гъизляр шагьаралъул хӏакъалъулъ. Амма гьезул хӏалтӏухъабаз бачӏинахъего абуна, нужер заводалъ гьабураб хӏалтӏиги, хӏадур гьарурал алаталги, нужер бергьенлъабиги хӏажат гьечӏила жидер каналалъе. Жидеца, тӏоцебесеб иргаялда, бихьизабизе бугин щиб бакӏалда кьвагьи гьабурабали, чӏваравали, лъица кибехун чороклъи гьабурабали. Гьелейин жидер аудиториялъе къваригӏараб тема. Лъица гьелде гьел ругьун гьарурал? «Щуабилеб колоннаялъ». Гьез гьабуна Чачаналда рагъги, гьез нуцӏа рагьана кинабго чорокабщинаб, нахъегӏанаб, къабихӏабщинаб гӏала-гъважаялдеги.\nСШАялъул вукӏарав президент Джордж Бушица рагьун абуна жидеца барахщичӏого 30 миллион долларги кьун, Россиялъул журналистал жидедехунго (СШАялъул сиясаталде) руссинарунин абун. Гьаризеги гьаруралъулха. Щибха гьел журналистаз хъурулеб букӏараб жо? Нилъ (дунги цогидал магӏишатчагӏиги) ругин щибниги гьунарги такъваги гьечӏел тухьулаби, щибниги гьабунги бажаруларел, кверда махщелги гьечӏел пакъирзаби. Нилъер я авиация, я техника гьечӏин. Нилъ рагӏула рацӏцӏадал гӏабдалзаби.\nАмма бищунго квеш букӏараб жо бицинищ, дуца сах-саламаталилан тарал чагӏиги гьеб чӏандаялда божулел рати. Дир цо лъикӏав гьудулгьалмагъ вуго гӏемерал соназ Гъизилюрталда судиявлъун хӏалтӏарав чи. Гьевги вуго цо нухалъ нилъер авиацияго гьечӏин чӏанда бицунев. Гьесда щиб гьеб лъалеб? Гьев гьелда нахъа вукӏарав чийищ? Буго нилъер авиацияги цогидаб къваригӏанщинабги. Дунлъидал гьелда нахъа вугев чи.\nЦебе чан завод нилъер букӏараб, жакъа чан бугеб? Жакъа базаралда бичулеб бугеб къайи-цӏаялъул 90 процент къватӏиса бичун босула нилъеца. Цохӏо Турциялъухъа босула 35 млрд. гъурщиде махх. Гьезухъа бичунги босун, нижер заводалъ лъагӏалие къватӏибе биччала 4-5 млрд. гъурщиде къайи-цӏа. Цебе кинабго букӏана пачалихъалъул къайимлъиялда, гьединлъидал гьелъухъа кумекги щолаан магӏишатчагӏазе. Гьанже кинабго хасаб бетӏергьанлъиялде, АОязде буссиндал, гьелги мугъ рехун чӏана. Жакъа нижер ургъел бугев, кумек гьабизе бокьарав хӏаким ватулевго гьечӏо. Гьезие нижеца гьабулеб хӏалтӏулги, къватӏибе биччалеб къайи-цӏаялъулги ургъелги гьечӏо. Сордо аги, къо аги, кисинире кколел гъурщал къотӏугегиян абухъе руго. Узухъда, гьеб бихьичӏого хутӏулеб гьечӏо гӏолеб гӏелалдаги. Жакъа гӏолохъаби Инстаграммабаздасаги Ватцапаздасаги тӏезарун, магӏишаталдехун, захӏматалдехун руссинаризе къваригӏун буго. Гьезулъ ватӏан бокьи, захӏмат бокьи, умумузул магӏишат-пишаялдехун гъира цӏикӏкӏинабизе къваригӏун буго. Гьеб рахъалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго нужер газеталъги. Дида гьеб бихьула ва газета цӏалула рес кканщинахъе. Гьединго цӏакъ рекӏее гӏуна тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас хъвараб тӏехьги, гьебги босун дихъе щвезе вачӏун вукӏана гьев, — ан бицана Ахӏматӏовас.\nЛъидениги мугъчӏвазе бегьулеб заман гуро аб\n— Амма гьалдаго цадахъ дие бокьилаан чӏагоял, хӏалтӏулел гӏадамазул хӏакъалъулъ, махщел бугел чагӏазул цӏикӏкӏун хъвалебани нужеца газеталда, — ян абуна Ибрагьимица хадубги. — Захӏматалдехун гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ гъира-цӏа базабизе, инсанасул кверазухъа борчӏараб цониги махщел гьечӏеблъи киназдаго рагӏизабизе хӏажат буго жакъа газеталъул гьурмаздасан. Лъидениги, я пачалихъалде, яги инвесторазде ракӏги лъун мун вукӏине бегьуларо. Гьеб жо ракӏчӏун лъала дида. Лъиениги къваригӏун гьечӏо мун. Кинабго дуцаго, дурго бетӏерги хӏалтӏун, кӏиябго кверги квалквадун гьабуни гурони, лъицаниги кумек гьабуларо. Хасго гьеб цӏакъго якъинлъана жакъа, бигьаяб гуреб, экономикаялъул заманалда дагьал захӏмалъаби гуро дандчӏвалел ругел. Мисалалъе, оборонаялъул заказал цӏакъго дагьлъана нижер заводалда. Гьелъие гьадинал гӏиллаби руго. Цо бугони, нилъер пачалихъалъ тӏубазабун буго жиб яргъидалъун хьезабиялъул рахъалъ хӏисабалде босун букӏараб программа. Кӏиабизе, гьелъие гӏиллалъун ккана санкциял. Нижехъа гӏемераб къайи-цӏа босулеб букӏараб Китайги нахъе кӏанцӏун чӏана СШАялъукьаги хӏинкъун. Заказал къабул гьарулелъул, банкалда бараб жоги гӏемер букӏуна. Гӏарцуда хурхарал тадбирал гьенисалъидал гьаризе кколел. СШАялъ жидергун кредиталъулал къотӏи-къаял тӏокӏал гьариларин хӏинкъун, Китайги гьелъул банкги инкар ккун чӏана. Санкциял, санкциялин абун бицунеб рагӏун гурони, чанцӏулго гьелда гъорлъе ккарал чагӏазда гурони гьелъул зарал бичӏчӏуларо. Гьедин ккана нижерги.\nГьебго Китаялъ гӏурал квекӏенал кипятильникал сабаблъунги гьаруна нижее. Киназдаго лъалел ратила, 30-40 соналъ церего нижеца риччазе байбихьарал лъим бухӏизабулел гьел алатал. Гӏадатиял гӏадамазе гьезул бугеб хӏажалъиги бихьун, цо заманалъ Китаялъги байбихьана гьел къватӏире риччазе. Амма гьел рукӏана цӏакъго учузаб тайпаялъул. Гьединлъидал гӏадамаз гьездаса инкар гьабизе лъугьана. Цинги Китаялъ байбихьана гьел кипятильникал, цо коцониса тӏуралгӏанги, нижеразда релълъинарун, къватӏире риччазе. Гӏицӏго токалда къазабулеб квар (провод) къокъаб букӏана гьезул. Амма кигӏан нижеда релълъун риччазеян лъугьаниги, «КЭМЗалъул» гӏадал щвалде щварал гьел лъугьинищ? Дагъистан тун къватӏисагицин гӏадамаз гӏарзал рачӏине байбихьана заводалде цере нужер кипятильникал лъикӏал рукӏанин, гьанже нужеца къватӏибе биччалеб бугеб чӏулдагъулди щибилан. Амма кигӏан цӏакъ гьеб къотӏизабизе лъугьаниги, дида гьеб чӏезабизе кӏвечӏо. Нилъехъе гьел учузал кипятильникал тӏубарал фурабаца (чӏахӏиял КамАЗ автомобилал) раччулел рукӏана Китаялдаса. Ахирги, ракӏсвакан, дица кверги хьвагӏун тана гьел. Заводалда жаниб рагьараб предприятиялда тӏадкъана гьезул милат гьабиялъул иш. Къокъго абуни, нилъер Дагъистаналда ва Россиялда гӏемер руго гьунарги кверда махщелги бугел гӏолохъаби. Амма гьезул ракӏбатизабизе, пачалихъалъе гьелги, гьезие пачалихъги хӏажат бугилан абураб пикру кисанго рагӏизабизе ккола. Гьединлъидал дир хьул буго нужер газеталъги гьеб масъалаялде кӏвар кьелин абураб. Нижер заводалда гӏемер руго махщел камилал гӏолохъаби. Рачӏа нижехъе, гьабе гьезулгун гара-чӏвари, бихьизабе гьезул захӏмат нужерго басмаялъул гьурмаздасан. Амма жакъасеб роценалда рекъон балагьани, нужеца гьелъул хӏакъалъулъ хъвалеб гьечӏо, хъвалеб батанигицин мукъсанго хъвалеб буго, — ян абуна Ибрагьим Ахӏматӏовас.\n«Хӏисабалъул гӏелмуги физикаги нахъе цун буго, гӏолохъаби куцалел гьечӏо»\n— Дуца абулеб буго гӏолилазул заводалда хӏалтӏизе гъира бижизабизе къваригӏун бугин. Амма кин гьеб гьабилеб? Мисалалъе, чанги гӏолилал руго Россиялъул регионаздеги ун, хӏажат гьечӏеб пишаялде руссун. Гьел рекӏеда ратизе щиб гьабизе кколеб, кинаб пикру бугеб нужер заводалъул гьелда хурхун? Ялъуни Лъай кьеялъулги Захӏматалъулгун социалияб рахъалъ цебетӏеялъул министерствабазулгун гьарурал къотӏи-къаялищ нужер рукӏине ругел?\n— Бигьаяб масъала гуро гьеб жакъа, хӏакъикъаталдаги. Нижехъе санайил бачӏуна Москваялъул МАИ (Москваялъул авиациялъулаб институт), гьединго Бауманил цӏаралда бугеб техникияб университет гӏадал цӏалул идарабазде гӏолохъаби къабул гьариялда хурхараб квота. Амма квеш ккараб жо буго жакъа гьединал къадруял вузазде цӏализе ритӏизе ярагьунел гӏадал гӏолилал школазда ратунгутӏи. Щай? Щайгурелъул школазда математика ва физика хашго малъулеб букӏун, гьелъие лъай камилал мугӏалимзаби гьечӏого. Ичӏго школа бугеб Гъизляралда жакъа вуго физикаялъул анлъго учитель. Дир вас цӏалулев вукӏана гьенив анлъабилеб школалда. Ахираб кӏиго соналъ (10-11 класс) гьев цӏалана Москваялда. Дове щварав дун гьесул дневникалъухъ балагьидал, физикаялъул микьго дарс бугоан анкьида жаниб. Гӏебеде щведал, Гъизляралъул школалъул директорасда гьикъана анкьида жаниб физикаялъул чан дарс нужер школалда букӏунебилан. Цохӏо дарсилан жаваб кьуна гьес.\nКаспийскиялда цо рехун тараб объект букӏана. Гьенир цо хӏалтӏаби гьаризе кколаан нижер заводалъ. Цебе гьениб букӏараб къайи-цӏаялъул ва цогидалъул хӏисаб-суал (рассчетал) гьаризе Махӏачхъалаялдаса 75 сон барав инженер ахӏизе ккана дица. Гьечӏо нилъер гьаниб гьелде кӏвар кьолеб. Жакъасев цӏалдохъанас букӏине кколеб хӏалалъ ЕГЭ кьечӏони, гьев техникияб цониги вузалде цӏализе восуларо. Амма гьеб ЕГЭ нилъер гьанибги Москваялдаги кин бугебали бицинищ нужеда. Москваялда, мисалалъе, МАИялде лъугьине ккани, къваригӏуна 250 балл, нилъер гьаниб техникияб вузалде росула 116 балл щварал гӏолилал. Гьединаб буго нилъер гьанибги добаги лъаялъул даража. Цоги нухалда абуниги, гьечӏо нилъер гьанир инженералги, ралел бакӏазул махщелчагӏиги, электромеханикалги хӏажат ругин абураб лозунг, тӏалабчилъи.\nСамолёталдаса нусцӏул захӏматаб буго вертолёт гьабизе\n— Гъизляралъул КЭМЗалъ гьанже вертолёталги гьаризехъин рагӏулилан гьанже гӏагар интернеталда хабар тӏибитӏарабго, бажариладай гьезухъа щвалде щварал вертолётал хӏадуризеги, советияб заманалдасаго гьеб ишалда тӏадчӏарал заводазе конкуренция гьабизегиян хъвалеб букӏана.\n— Гьединаб щаклъи гьезул рекӏелъ бижиялда дица щибниги гӏажаиблъи гьабиларо, битӏун гьабун буго гьез, щакдаризе лъугьин. Амма дун дидаго щаклъун гьечӏо, бажарула нижехъа вертолётал хӏадур гьарун, бажаризе гьечӏолъиялда цо гьитӏинабги щаклъи букӏарабани, нижеца гьеб иш тӏадецин босилароан. Цо мисал бачинин. 2015 соналъ цо захӏматаб алат хӏадурулаго 12 сагӏатги бана нижер хӏалтӏухъабаз станокалда нахъа, амма гьел къуркьичӏо. Гьединал гӏолохъаби ругеб мехалъ нижехъа бокьараб жо бажарула, вертолёт гуребги. Амма битӏун бицани, вертолёт нусго нухалъ захӏматаб буго самолёт гьабизеялдаса. Самолетал нижеца риччалелдасани ункъабилеб сон буго. Исана байбихьана композиталъул корпусалъул цӏиял самолетал риччазе.\n— Гьединаб самолёталъул багьа кигӏан букӏунеб?\n— Нижеца гьеб бичула 30 миллион гъурщиде. Амма, нижехъаги босун, мисалалъе, Австриялъ гьеб бичула 280 миллионалде.\n— Дуца абуна санкциял сабаблъун къватӏисел улкабазулгун рукӏарал цо-цо заказал дагьлъанилан. Гьелда рекъон, пачалихъалъул жанисел заказал цӏикӏкӏинариялдейищ нуж руссарал, яги цоги хиса-басиялищ гьаризе ккарал нужерго хӏалтӏулъ?\n— Жанисел заказалги дагьлъана. Амма гьениб санкциялда бараб жо букӏинчӏо, дица цебеккунги абухъе, пачалихъалъ жибго яргъидалъун хьезабиялъул масъала тӏубаялъ дагьлъана улкаялъул оборонаялъулал заказал. Гьединлъидал ниж руссана цогидаб жоялде. Дица бицен гьабурал вертолёталги самолёталги рагъулаб бутӏаялъе гьарулел жал гурелъул рукӏарал, гьел рукӏана гражданияб авиациялъул заказал. Гьединго нижеца гьарула «КамАЗ» автомобилазе хӏажатаб алат, мисалалъе, рулазул гидроусилителал гӏадал ва гьелда релълъараб цогидабги къайи-цӏа. Оборонаялъулал заказал лъугӏунилан, ниж хӏалтӏи гьечӏого хутӏичӏо.\nХадурагӏи\nГьадинаб гара-чӏвари ккана редакциялда Ибрагьим Ахӏматӏовасулгун. Гӏемераб жо бицана гьес нижее. Бицунеб букӏана тӏанчидеги валагьичӏого, сабурго, пикрабазе эркенлъиги кьун. Гӏемераб жоялда квербарав, чанго батӏияб пачалихъалде щун, гьезул рукӏа-рахъиналъул, магӏишаталъул хаслъаби лъазарурав, бечедаб хӏалбихьиялъул магӏишатчи вукӏин бихьана цоги нухалъ гьесулгун букӏараб эркенаб накъиталда. Гьединго бищунго ниж рохараб хӏасиллъун гьеб къоялъ ккана «Хӏакъикъат» газеталъул нусго экземпляр хъвазеги, редакциялъул конференц-зал къачӏазеги кумек гьабилин Ибрагьим Ахӏматӏовас рагӏи кьей. Садакъабазги сахаватал гӏадамаз кумекалъе бегьараб квералъги ккураб заман бачӏун бугелъул, щвараб ресалдаса пайда босулеб буго нижецаги. Магӏарулазда гьоркьор гӏемерлъаги Ибрагьим Ахӏматӏов гӏадал сахаватаб ракӏалъул ва къвакӏараб яхӏ-намусалъул гӏадамал.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15719-dir-giumrudul-giagarab-shkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15719-dir-giumrudul-giagarab-shkola", "title": "Дир гӏумрудулъ гӏагараб школа", "date": "2022-01-28 07:43:13", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Нилъер гӏумруялда школа гьечӏеб росу ва шагьар цебечӏезабизе захӏматаб жо буго. 1861 соналдаго цӏар рагӏарав лингвист-гӏалимчи П. К. Усларица Дагъистаналда суал борхулеб букӏана хъвай-хъвагӏай жеги гьечӏел мацӏазда цӏали гьабизе алипба (алфавит) ургъизе ккеялъул. Гьеб масъала тӏубана нилъер магӏарул цересел гӏалимзабазул кумекалдалъун.\nКазбек районалъул Гуни росуги ккола районалда тӏоцебе школа рагьарал росабазде гьоркьобе. 1925 соналда росулъ Гӏабдулманапов Гӏабдулманапил рокъоб гӏуцӏараб школалде цӏализе рачана 18 лъимер. Гьезда гьоркьор рукӏана: Абакаров Мухӏамахан, Абакаров Муса, Гьитӏинов Ирасхан, Гьитӏинов Мустӏапашайих, Дадаев Дада, Хӏажиев Малачилав, Нурудинов Ансарияв, Гӏабдулаев Абакар, Гӏисаев Хӏажи, Гӏисаев Мухӏмагъази, Мажидов Гӏабдулгӏазим, Муслимов Гӏабдулвагьид, Гъапуров Амай ва Хъарамирзаев Дадахӏажи. Росулъ гӏуцӏараб школалъул тӏоцевесев директорлъун вукӏана Ахӏмадов Гӏабдукарин.\nГьел цӏалдохъабазул цоял рахъана гӏалимзабилъун, цогидал — жамгӏиял хӏаракатчагӏилъун, колхозалъул гӏуцӏарухъабилъун, батӏи-батӏиял идарабазул нухмалъулеллъун. Гьелдасан байбихьун школалъул тарбия щварал гӏолохъабаз хадусан ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏи гьабуна росдал, районалъул ва республикаялъул идарабазда хӏалтӏулаго. Рагъул гӏахьалчи Хӏажигороев Хӏажигоро, рагъдаса вуссарабго, вищана КПССалъул Казбек райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун, Гӏалиев Малик вахъана Казбек райисполкомалъул председательлъун, Сурхаев Самадица нухмалъи гьабуна районалъул «Казбек колхозчи» газеталъе.\nКинабниги Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъи гьабуна школа лъугӏарал 160 гӏолилас, гьезул 76-ял тӏад руссинчӏо.\nЭбел-эменги хун, бесдал хутӏарав Абакар Гӏабдулаев (1913-1983) вахъана ядернияб физикаялъул махщелчилъун ва техникиял гӏелмабазул докторлъун. 1965 соналда гьев тӏамуна ООНалда цебе бугеб МАГАТЭ гӏуцӏиялда радиоактивиял изотопал хӏалтӏизариялъул рахъалъ СССРалъул гӏакълучи хӏисабалда Чехословакиялъул гӏелмабазул ака- демиялде вакиллъун.\nЖакъа къоялде Гуниялдаса вахъана 31 гӏалимчи, гьездасан 8 — гӏелмабазул докторал. Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна Арзулум Ильясовасе. Дагъистаналъул энергетикаялъе кьучӏ лъуна ва гӏемерал соназ «Дагэгнерго» производствияб цолъиялъе нухмалъи гьабуна Гӏабдулвагьид Муслимовас. Педагогиял гӏелмабазул доктор Вагьаб Минбулатов гӏумруялдаса ватӏалъизегӏан вукӏана Дагъпедуниверситеталда цебе бугеб Физкультураялъул ва спорталъул институталъул директорлъун. Росулъ школа лъугӏарав Таслим Байбулатов жакъа хӏалтӏулев вуго республикаялъул агропромышленнияб комплексалъ- ул кадрабазул лъай, махщел бор- хизабиялъул институталъул рек- торлъун, ай гӏалимзабазул рахъалъ Гуни росу буго цогидал росабазде дандеккун бечедаб. Росулъа рахъ- ана партиялъул ва комсомолалъул райкомазул хӏалтӏухъаби, секретарь- заби. Дун вохарав вуго республика- ялъул хӏукуматалъул хъулухъазда 45-гӏанасеб соналъ дица гьабураб хӏаракатчилъиялъе гӏагараб шко- лалда щвараб лъаялдаса ва нижер Лиза Чайкинил цӏаралда бугеб пи- онеразул отрядалъул Советалъул председателасул ишалдасан хӏалтӏи байбихьиялдаса. Эбел-инсул ва школалъул тарбиялъ дие рес кьуна Дагъистаналъул хӏукуматалъул Ми- нистрзабазул Советалъул членлъи- ялде щвезегӏан тӏаде вахине. Гьеб буго дир гӏумру берцин гьабиялъ- улъ школалъул учительзабаз лъураб бутӏаялъул хӏасил, гьез бихьизабураб нух цӏуни. Гьедин школалъ гӏумруялде нухарегӏана дун гӏадал аза-азар гӏолилал — васал ва ясал.\nГьединал кадраби росулъа рахъиналъе аслияб кьучӏлъун ккола росдал школа, гьелъул мугӏалимзаби ва гьез кьураб тарбия. Гьезда гьоркьорин абуни, араб гӏасруялъул 60-абилел соназде щвезегӏан гӏемерал рукӏана гӏурус учительзабиги. Ракӏалда руго нижее дарсал кьолел рукӏарал Нина Петровна Николаева, Валентина Ми- хайловна Гончаренко, Мухӏамадов Мухтар Мухӏамадович, Ольга Нико- лаевна Нуцалова ва гь.ц. 1969 соналда школаги лъугӏизабун, дун цӏализе ана ДГУ- ялде. Амма 1970 соналъул 14 ма- ялда ракьбагъариялъул хӏасилалда росулъ минаби риххана ва школа тӏатӏала ккана. Тӏолабго улкаялъул кумекалдалъун гьениб бана ва 1973 соналда хӏалтӏизабизе кьуна росдал цӏияб школа. Аслияб куцалда гьеб букӏана Чувашия республикаялъул кумекалъулаб сайгъат. Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул хӏалтӏуда хурхун Москваялда ва цогидал шагьаразда тӏоритӏулел данделъа- базда дица дирго кӏалъаязда кида- го кӏудияб баркала загьир гьабула Чувашиялъул гьенир гӏахьаллъи гьабулел гьалмагъзабазе дол соназ нилъее гьез гьабураб кумекалъухъ. Гьабсагӏат К. Нуцаловасул цӏаралда бугеб «Ракълил культура» гимназиялда (гьанжесеб цӏар) цӏалулел руго 400-ялдасаги цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Гьелъул директор ккола Рамин Нуцалов.\nШкола лъугӏараздасан рахъана РСФСРалъул, Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахӏикъал учительзаби, тохтурзаби, энергетикал, бакӏал ралел специалистал. Республикаялъул централияб больницаялъул реанимациялъулаб отделениялъе гӏемерал соназ нухмалъи гьабулеб буго Хасайбат Нуцаловалъ. Школалъ тарабия кьурал чанго росуцоял рищун рукӏана ДАССРалъул Верховнияб Советалъул (Гӏазизова Забихӏат, Юнусова Айзанат, Магьдиева Асият, Абакарова Зарият) ва гьединго Дагъистан республикаялъул Халкъияб Собраниялъул (Сагӏидов Сагӏид) депутаталлъун. Школалъул цоги лъикӏаб рахъ буго гьелъ росулъа цӏализе арал гӏолохъабазе тӏад руссун рачӏунеб даражаялда тарбия кьей, гьезулъ росулъ магӏишат гӏуцӏизе бажари ва рокьи куцай. Гьединлъидал, ракӏ-ракӏалъулаб баркалаги кьолаго, щулияб сахлъи гьарулеб буго жакъа хӏалтӏулел ругел учительзабазе, гьезул хъизамазе. Нилъедаса аразул рухӏалги алжаналъур ратаги.\nЗ. ИЛЬЯСОВ, Дагъистаналъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏеза биялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул председатель."}
{"slug": "15720-dun-gayuna-mugiruzda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15720-dun-gayuna-mugiruzda", "title": "Дун гьаюна мугӏрузда", "date": "2022-01-28 07:46:11", "categories": ["kultur"], "text": "Гьадинаб цӏаралда гъоркь Фазу Гӏалиева ракӏалде щвезаюлеб тадбир тӏобитӏана араб анкьалда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бу- геб миллияб библиотекаялда. Тадбир нухда бачана библиотекаялъул хӏалтӏухъаби, гӏагараб ракь лъазабиялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртазагӏалиевалъ, культуриял программабазул отдела лъул нухмалъулей Ольга Гӏалиевалъ ва Хъвадарухъабазул союзалъ- ул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.\nГьез цоги нухалда ракӏалде щвезаруна шагӏиралъул творчествоялъул шагьрабиги сухъмахъалги. Тадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана шагӏирзаби Марина Ахӏмадова, Тубхӏат Зургьалова, Сабигат Мухӏамадова, Аминат Гӏабдулманапова, Космина Исрапилова. — Нижее киназего учительлъун йикӏана Фазу. Гьелъул гӏумруялъул дарсал жакъаги къваригӏун руго нижее, — йилан абураб магӏна букӏана гьезул кӏалъаязул. Марина Ахӏмадовалъ кӏвар кьуна шагӏиралъул дагьалги кучӏдул гӏурус мацӏалде руссинаризе ва ракӏалдещвеязул тӏехь къватӏибе биччазе ккеялде.\n— Фазу кколаан, цохӏо авар миллаталъул гуребги, тӏолабго Дагъистаналъул маданият жиндаго цадахъ дунялалъул пачалихъазде босарай чӏужугӏадан. Гьелъул баргъичазги, курхьабазгун кӏилкӏазги, къадирабазги, тӏад ретӏараб парталалъги бицана дунялалъе мугӏрузул улка- ялъул гӏадатазулги, гӏамалазулги, маданияталъулги хӏакъалъулъ, — ан абуна Тубхӏат Зургьаловалъ.\nМухӏамад Мухӏамадовас жиндирго кӏалъаялда кӏвар кьуна Фазул прозаялде.\n— Фазул кучӏдул, киналго лъачӏониги, рагӏичӏониги, гӏадамазда лъана, рагӏана. Амма гьелъул проза жегиги хутӏун буго кӏудияб балъголъилъун. Гӏемерисел цӏалдолезе гьей йокьула прозаик хӏисабалдаги. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан проза лъазабизе, цӏализе гьанжегӏаги регӏани ва гьел тӏахьал цӏидасанги къватӏире риччани, — ян абуна гьес.\nШагӏиралъул гӏумруялъул ахирисел къоязде щвезегӏан, гьелъул кумекчӏужулъун йикӏарай Мариза Мухӏамадовалъ ракӏалде щвезаюна Фазу, шагӏир, чӏужугӏадан, жамгӏияй хӏаракатчӏужу хӏисабалда. Кӏалъазе рахъанщиназ рикӏкӏана шагӏиралъул кучӏдулги.\nДандеруссиналда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана Ленинкенталъул №35 гимназиялъул ва Махӏач хъалаялъул №8 лицеялъул цӏал дохъаби. Гьез магӏарул ва гӏурус мацӏазда рикӏкӏана шагӏиралъул кучӏдул. Гьединго шагӏиралъул асаразде бугеб жидерго кӏудияб рокьи загьир гьабуна Каспийск шагьаралъул №15 школалъул директор Шамил Гӏалиевас, гьебго школалъул авар мацӏалъул учитель Аминат Ахӏмадиловалъ ва школалъул библиотекарь Сейранат Гӏабдулаевалъ.\nФазу ракӏалде щвезаюна «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул бетӏерай редактор Наида Муртазагӏалиевалъ ва магӏарул мацӏалда къватӏибе биччалеб «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ.\n— Фазу ракӏалде щолареб лахӏзат нижер редакциялда букӏунаро. Журналги гьелъие бищунго хирияб лъимер гӏадин букӏана. Жеги-жеги абула нижеца Фазуца кинандай гьабизе букӏараб, — илан абуна Наида Муртазагӏалиевалъ.\n— Дица нухмалъи гьабулеб буго Фазуе дагьабги гӏагараблъун букӏараб журналалъе. Хӏаракатги бахъулеб буго дагьа-макъабниги гьелда релълъарайлъун йикӏинеги, хӏалтӏулъги ретӏа-къаялъулъги. Гьелъиего гӏадин, диеги рокьула миллияб берцинлъи жиделъ бессарал баргъичал-курхьабиги, кӏилкӏалги ва шалалги, — ян махсара гьа- буна Баху Мухӏидиновалъ.\nЛъугӏана тадбир ва гьелъ байбихьи лъуна Фазу Гӏалиевалъул Соналъе.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15721-khiizhab-namusal-ul-k-olden", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15721-khiizhab-namusal-ul-k-olden", "title": "Хӏижаб -намусалъул къолден", "date": "2022-01-28 07:50:17", "categories": ["history"], "text": "Тӏоцебесеб февралалда дунялалъул гӏемерисел улкабазда кӏодо гьабула хӏижабалъул къо. Нилъер республикаялдаги, цебеялде дандеккун, гьеб парз кколеб къагӏидаялъ тӏубазе хӏаракат бахъулеб буго. Чанго соналъ цебе хӏижаб ретӏарай чӏужугӏаданалъухъ ралагьулаан хъахӏаб гъадихъ киниги. Эбел-эменцин дандечӏун рукӏунаан ясалъ хӏижаб ретӏиялда. Гьезул рахӏатхвеялъеги гӏиллаби рукӏана доб заманалда. Гӏицӏго квералги гьумерги хутӏизегӏан черх бахчараб партал ретӏарай гӏолилалда берчӏварабго гӏемерисезда ракӏалде кколаан динги багьанаде ккун, такъсирал гьарулел къокъабазулъе ккун ятилин пуланилан. Жакъайин абуни нилъ ругьунлъулел руго хӏижаб ретӏарай чӏужугӏадан парз тӏубалей, гӏадатияб пикруялъул гӏадан йикӏиналде. Гьедин букӏаниги, цо-цояз нахътӏамун толеб буго гьеб иш. Щайха нилъеца гьелъул кӏвар гьабулареб? Хӏижаб абураб рагӏи кин нилъеда бичӏчӏулеб?\nГьел суалал рорхун рукӏана нижеца социалиял гьиназда. Гӏемерисез хӏижаб рикӏкӏунеб буго чӏужугӏадан квешлъиялдаса цӏунилъун, санагӏатаб ретӏеллъун, къолденлъун, рацӏцӏалъилъун. Парзалда рекъон, хӏижаб ретӏине хӏинкъулел руго циндаго ккараб «хиси» жамгӏияталъ къабул гьабуларин абураб пикруялъги. Ругьунлъараб къагӏида хисизабизе бажарулеб гьечӏо гӏемерисезда. Цо-цоял мукӏурлъулел руго хӏижаб ретӏине бокьилаанин, амма иман загӏиплъиялъ гьеб иш нахъбахъун толеб бугин. Цогидазин абуни хӏижаб модалъун рикӏкӏуна.\nКакги балел, кӏалалги кколел бусурбанал руччабаз ратӏлил рахъалъ парз щайха гьоркьоб биччалеб? Сунца квалквал гьабулеб бусурманчӏужуялъе чияр бихьиназдаса жийго яхчизаюлеб ретӏел ретӏине?\nПарз тӏубазе сунца квалквал гьабулеб?\nМадихӏат 33 сон: «Дида лъала хӏижаб чӏужугӏаданалда тӏадаб парз букӏин. Дица какги бала, кӏалалги ккола, Къуръанги цӏалула. Хӏеж борхизеги бокьун буго. Росасин абуни хӏеж борхана. Хӏижаб ретӏине бокьун буго цебегоялдаса нахъе, амма я дирго я росасул хъизамалда гьедин ретӏа-къарал руччаби гьечӏо. Киналго светияб къагӏидаялъ ретӏа-къан рукӏунелъул, дунги гьездаса ятӏа яхъичӏого чӏун йикӏуна. Дие бокьула лъикӏаб, берцинаб ретӏел. Парзалда рекъон ретӏел ретӏине кканиги, цӏияб ретӏел босулелъул гӏемераб гӏарац уна. Гьанжесеб къагӏидаялъул лъикӏаб ххамил ретӏел хираго букӏуна. Гьелда бан нахътӏамун тун буго хӏижаб ретӏиялъул иш».\nПатӏимат, 34 сон: «Гӏемерисез абула нилъер умумуз хӏижаб чӏвалеб букӏинчӏин, гьеб Гӏарабиялдаса бачӏараб мода бугин. Умумуз ретӏунеб букӏараб къагӏидаялъгӏаги щайха ретӏунареб ретӏел, щайха чохтӏо къалареб, кӏаз, шал яги чаба чӏвалареб? Цеечӏезаеха катӏариги гьабун, расги гьурщун магӏарул чӏужугӏадан. Нилъер умумуз хвалчад рахъаралъуб рагъ гьоркьоб къотӏизабизе гурони чияр бихьиназда цебе ботӏродаса кӏаз бахъулеб букӏинчӏо. Гӏемерал соназда нилъер гӏадамазе диналъул бицинецин гьукъун букӏана, гьединлъидал гӏемерисел махӏрумлъана динияб лъаялдаса. Гьанже нилъее бокьухъе рес буго шаргӏги лъазабизе, парзалги тӏуразе. Гьедин хьвадизе бокьичӏез гӏиллаби щай ургъулел?»\nРамазан, 27 сон: «Бусурманчӏужуялъ хӏижаб ретӏунгутӏиялъе гӏиллалъун дица рикӏкӏуна гьезул къавулъ къадруяв, хӏурмат бугев бихьинчи гьечӏолъи. Адам аварагасул (гӏ.с.) заманалда ролъул мугь букӏун буго варанихӏинчӏалъул хоногӏанасеб. Заман анагӏан, дунялалдаса баракат дагьлъанагӏан, ролъул мугь гьитӏинлъун буго. Гьеб мехалда Адам аварагас (гӏ.с.) гьеб мугь тӏубанго тӏагӏинаредухъ Аллагьасда гьарун, дугӏа гьабун буго. Гьелдаго рекъон, бихьиналги «гӏисинлъана», цо-цо исламалъул нухда ритӏун хьвадулел бихьинал хутӏизегӏан. Нилъееги заман щун буго бихьинал «гӏисинлъунгутӏизе», унго-унгоял бихьинал ракьалдаса тӏагӏунгутӏиялъе дугӏа гьабизе. Унгоунгояв бихьинчиясул лъадуца, ясалъ ва яцалъ хӏижаб ретӏунгутӏиялъул суал баккизе ресго гьечӏо». Ахӏмад, 40 сон: «Дида бичӏчӏуларо росги лъималги ругей чӏужугӏаданалъ хӏижаб ретӏине инкар щай гьабулебали. Чӏужугӏаданалъ хӏижаб ретӏунгутӏи дида бичӏчӏула гьелъие росасул рахъалдаса тӏалабагъаз гӏунгутӏилъун. Росас абичӏел берцинал рагӏаби, берцинлъиялда гӏашикълъун гьабичӏеб балагьи чияр бихьиназдасагӏаги щолеб буго гьелъие, хӏижаб ретӏичӏого, къачӏан къватӏие яхъани. Гурони, росасда гурони берцин йихьизе кколарей гӏадан цогидал бихьиназда цее щай къачӏан хьвадулей? Чӏужугӏаданалъе бокьула жиндирго агъаз гьабизе, берцинаб рагӏи абизе».\nХадижат 70 сон: «Жакъагицин рекӏелъе хӏинкъи бачӏуна, чӏегӏераб ретӏелги ретӏун, гӏицӏго берал гурони рихьулареб хӏалалъ ретӏа-къарай чӏужугӏадан йихьидал. Жеги кӏочон гьечӏо диналъул багьанаги батун, жидерго нахъегӏанал мурадазе гӏоло гӏайиб гьечӏел гӏадамал кьвагьизаризелъун къватӏире рахъунел рукӏарал руччабазул сипат. Кӏазалдаса гуро хӏинкъулел, кӏазалда нахъа бахчун бугелдаса хӏинкъизе бачӏуна. Гьеб сабаблъун цо-цо эбел-инсуца ясалъе кӏаз базеги гьукъулеб буго. Жамгӏият тӏубанго ругьунлъун гьечӏо хӏижабалде».\nШаргӏалъул бихьизабиял\nНилъеда лъала хӏижаб парз кколеблъи, амма цо-цояз гьеб цо кидаялиго, букӏинесеб заманалда тӏубазеян тола. Хӏижаб ретӏиялъул кӏваралъулги, гьелъ чӏужугӏаданалъул намус цӏунулеб букӏинги бицунеб буго Мухӏамад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадисаздаги, Тӏадегӏанав Аллагьасул калам – Къуръаналдаги.\nТӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магӏна): «Я, авараг, дуца абе муъминал руччабазда, балагьи гӏодобехун буссинабеян ва жидерго жинсиял лугбал цӏунеян. Жидерго берцинлъи гьез киназдаго бихьизабугеян абе, гӏицӏго кверал ва гьумер хутӏизегӏан» (сурат «Ан-Нур», 31). Гьаб аяталъулъ бихьулеб буго, руччабаз жидерго черх чиядаса бахчеян абун Тӏадегӏанас нилъеде амру гьабулеб букӏин.\nХӏижабалъул шартӏал\n— Чӏужугӏаданалъул ретӏел букӏине ккола квералги гьумерги хутӏизегӏан тӏолабго черх бахчулеблъун. — Чияр бихьиназул бер тӏаде цӏаледухъ къачӏараб, чӏухӏараб, гвангъараб букӏине бегьуларо. — Гъорлъан канлъи бихьулеб ххамил бегьуларо. — Лугбал ратӏа рахъизе лъаледухъ тӏад къараб букӏине бегьуларо. — Берцинал махӏал тӏаде гьарураб ретӏел бегьуларо. — Бихьиназулалда релълъараб ретӏел бегьуларо. Чияр бихьиназда цебе бегьулеб батичӏониги, жиндирго росасда цебе чӏужугӏаданалъ ретӏине бегьула бищунго гвангъараб, бищунго берцинаб ретӏел. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) жиндирго яс Фатӏиматида гьикъун буго: «Чӏужугӏаданалъе бищунго лъикӏаб жо щиб кколеб?» — ан. Гьелъ жаваб кьун буго: «Чияр бихьинал рихьичӏого рукӏин ва гьезда йихьичӏого хутӏи», — ян. Ва Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Хӏакълъунго мун дир яс йиго», — ян.\nГьединго, Мухӏамад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадис буго: «Чияда берцин йихьизе берцинаб ретӏел ретӏун, гьумер-кӏал къачӏан хьвадулей чӏужу юхӏизе Гьавият абураб жужахӏалъул цӏа къачӏаян ахӏулила Аллагьас жужахӏалъул рагьуялда тӏад тарав Малик абулев малаикасде». Шаргӏалъ муъминай чӏужугӏаданалъул цӏакъ тӏалаб гьабула, гьелъул намусги цӏунула. Хӏижабалдалъун гьей чияр чиясул хиянатаб бердасаги, мекъаб квердасаги цӏунула ва гьелъул тӏадегӏанаб даража бихьизабула исламалъ.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15774-kh-akhiilab-tsiataridul-badiregi-balagun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15774-kh-akhiilab-tsiataridul-badiregi-balagun", "title": "Хъахӏилаб цӏатаридул бадиреги балагьун…", "date": "2022-02-02 18:16:23", "categories": ["gara"], "text": "Араб анкьалъул ахиралда республикаялде бачӏун букӏана «Газ- пром» ПАОялъул вакилзабазул къокъа. Гьелъул генералияв директор Алексей Миллерил тӏоцевесев заместитель Виталий Меркуловасул бетӏерлъиялда гъоркь делегация щвана республикаялъул Хъахӏаб Рокъоре ва тӏобитӏана данделъи. Гьелъул аслияб хӏасиллъун ккана 2025 соналъул ахиралде республика тӏубанго газалдалъун хьезабизе гьабураб хӏукму. Палхӏасил, магӏарухъ бищунго рикӏкӏад бугеб минаялъубги, спичка хъинтӏарабго гваргъан хъахӏилаб цӏа бакулеб къагӏида гьабизе ракӏалда буго. Гьеб программа гӏумруялде бахъинабизе биччан буго 14 миллиард гӏанасеб гъурущ. Гъоркьиса декабралда президент Владимир Путинил- гун букӏараб пресс-конференциялда нилъер республикаялъул рахъалда- сан суал кьун букӏана газалдагун токалда хурхун. Гӏемерал росаби ругин жеги газ бачинчӏого хутӏаралин бицун букӏана улкаялъул бетӏерасда. Социалиял гьиназда хъвавухъе, гьеб букӏун буго «Газпромалъул» хӏакимзаби республикаялде рачӏиналъе ккараб аслиял гӏиллабазул цояб. Амма ахирал соназ «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулев вукӏарав Ризван Гъазимухӏамадовасул пикру батӏияб буго.\nПрезидентасул кӏал сабаблъун гуро\n-Хас гьабун Путинил тӏадкъай тӏубазейин абураб масъала гьениб букӏун батуларо, — ян абуна гьес. — Гьеб буго «Газпром» ПАОялъ це\u0002бего хӏисабалде босун букӏараб са\u0002пар. Щайин абуни, Дагъистаналъул росаби газалдалъун хьезаризеян хас гьабун хӏадур гьабураб федералияб программа буго. Гъоркьиса, ай 2021 соналдаго гьелда хурхун Путини\u0002ца кьураб тӏадкъайги букӏана. Доб пресс-конференциялда президентас кьураб тӏадкъайин абуни букӏана, мисалалъе, цо чиясул минаялде аскӏобе лъураб газалъул рогӏоро ба\u0002тани, гьелда рекъон, кӏиабилевги лъабабилевги чиясул рокъобе гьеб бачине кколин абураб.\n— Амма, кин букӏаниги, кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб гьечӏищ «Газпромалъ»?\n— Узухъда, буго. Росаби газалдалъун хьезари букӏана цебе жибго регионалда тӏадаб иш. Гьанже гьеб масъала жиндаго тӏаде босун буго «Газпромалъ».\n— Газ бачинчӏел мугӏрузул районал, росаби гӏезегӏан ратила республикаялда?\n— Бичӏчӏизе ккола цо гьадинаб жо. Газалъул рогӏороцин гьечӏеб бакӏалда, мисалалъе, росу-районалда, «догазификация» абураб программа хӏалтӏуларо. Мисалалъе, цо чиясул минаялде аскӏоб газ бачун бугони, гьенисан цогидазул минаялде бачине бегьула. Гьеб буго, тӏадехун абухъе, президент Владимир Путиница кьун букӏараб тӏадкъайги. Жибго «Газификация республики», ай 2021-2025 соназда кинабго Дагъистан газалдалъун хьезаби абураб цогидаб программа буго республикаялъул. Гьелда рекъон, лъагӏалил ахиралде 25000-гӏанасеб бакӏалде газ бачун лъугӏизе ккола. 25 ункъилъги кьабани, 100 000-гӏанасев чиясул рокъобе газ щолин абураб магӏна ккола гьелъул.\n— Гьабсагӏат газ бачарал районал кинал ругел?\n— Гӏодоблъиялдасан байбихьун рикӏкӏани, гьел ккола Казбек район,Унсоколо районалдеги исана щвана гьеб — Майданское росдада аскӏосан лъун буго рогӏоро. Болъихъгун Цӏумадеги бачана, Хунзахъе бачине байбихьун, гьабсагӏат хӏалтӏаби унел руго. Гьединго газ щвана Гумбет районалдеги. Исана, Бичас бичча\u0002ни, ракӏалда буго Гъуниб районалда тӏоцебесеб рогӏоро лъезе. Гьединал хӏалтӏаби унел руго.\n— «Газпромалъулал» республикаялде рачӏиналъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунеб буго. Гьел цере рачӏунел рукӏинчӏищ?\n— Рамазан Гӏабдулатӏипов бетӏер\u0002лъун вугеб заманалдаги гьезулгун лъикӏал гьоркьорлъабиги гьарурал къотӏи-къаялги рукӏана. Владимир Васильев вачӏиндал, гьел гьоркьорлъаби, щаяли, риххана. Гьанже Сер\u0002гей Меликовас «Газпром» ПАОялъулгун бухьенал щула гьарулел руго.\nГазни бакила, бухӏун хадуб щиб гьабилеб?\n«Газпром» ПАОялъул вакилзаби республикаялде рачӏиналда бан, «Хӏакъикъат» газеталъе пикру загьир гьабуна экономист Халил Халиловасги.\n— Гӏадамал газалдалъун хьезариялъул рахъалъ бугеб статистика\u0002ялъухъ балагьани, 60-70 процент дагьаб къадар гуро. Щайин абуни, дида лъала, жакъа гӏемерал регионал руго Россиялда хъахӏилаб цӏатари бихьичӏел. Амма федералияб тӏалъиялъ, хасго президент Путиница абун бугелъул газ щвечӏеб цониги росу, мина-рукъ букӏине бегьуларин абун, гьелда рекъон кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ цогидаб суал\u0002ги буго. Нилъер республикаялъул къайимлъиялда ругел газалъул мухъал щай «Газпромалъ» ричунросуларел? Дида ракӏалда буго щи- баб соналъ бюджеталъул проект гӏуцӏулаго, гьелде гъорлъе бачуна\u0002ан гьеб суал, амма щибаб нухалда гьеб бичун босулев чи кколароан. Ахираб соналъ «Газпромалъул» иш батӏаго квеш гьечӏо, дунялалъул базаралда газалъул багьаги цӏикӏкӏана, гьелъул («Газпромалъул») хайирги гӏемерлъана. Амма щаялиго гьел гӏедегӏулел гьечӏо нилъехъа гьел газалъул мухъал ричун росизе. Ратила гьелъие гӏиллаби. Мисалалъе, бухӏараб газалъухъ кьезе кколеб налъул кӏудияб къадар буго республикаялъул «Газпроммежрегионгаз» компаниялда цебе. Кинал рукӏаниги къотӏи-къаялги ратила республи\u0002каялъ гьезулгун гьарулел, лъаларо, амма жидерго балансалде росулелани «Газпромалъ» нилъер газа\u0002лъул мухъал, гьелъул кӏудияб хайир букӏинаан. Кӏиабизе, дие рахӏат толареб жо цоги буго. Узухъда, магӏарул росабалъе газ бачунеб букӏинги гӏадамазе бигьалъаби гьарулел рукӏинги лъикӏаб иш буго. Амма кин гӏадамаз бухӏараб газалъухъ гӏарац кьезе бугеб? Нилъеда лъала, магӏарухъ гӏадамазе гӏемераб гӏарац гуро моцӏрое щолеб, киналго гуро пачалихъияб хӏалтӏуда ругел. Гьаниса-дораса гъурщал данде гьарулел гьезие махӏниги бигьаго букӏинаро бухӏараб газалъухъ гӏарац кьезе. Гьанже щибаб бащдаб лъагӏалида жаниб цӏикӏкӏинарулел ЖКХялъул багьабиги руго, гьелда рекъон хиралъулеб цогидаб жоги буго. Гӏадамазе щолеб мухьин абуни дагьаб буго. Гьеб рахъ хӏисабалде босун бугищ хӏукуматалъали лъаларо.\n— Халил, ахираб заманалда гӏемерлъулел гьечӏищ газ сабаблъун гӏадамал хвеялъул хӏужаби…\n— Битӏараб буго. Цӏакъ гӏемерав чиясе зарал кколеб буго газ сабаблъун. Амма гьеб бачунелъул цӏуна-къаялъул тадбиразде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе ккела гьелъул хӏалтӏухъабазги, щивав чиясда бичӏчӏизабизе ккела гьелъул бугеб хӏинкъиги. Учузаб тайпаялъул, хашаб газалъул къали (котёл) рокъоб лъечӏого букӏине хасаб хъаравуллъиги чӏезабун, ялъуни цогидал тадбирал ургъун, цӏуна-къай гьабизе ккеларищха. Гӏадамасул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъи букӏинаби — гьеб цӏакъ кӏвар цӏикӏкӏараб тадбир буго."}
{"slug": "15784-amma-gitiinab-rak-raka-kinigin-bokun-gechio-batsiil-kialdib-bikhize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15784-amma-gitiinab-rak-raka-kinigin-bokun-gechio-batsiil-kialdib-bikhize", "title": "«Амма гьитӏинаб ракь, ракьа кинигин, бокьун гьечӏо бацӏил кӏалдиб бихьизе»", "date": "2022-02-03 08:22:36", "categories": ["obshestvo"], "text": "Тӏоцебесеб февралалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде данделъун рукӏана магӏарулазул гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъул вакилзаби. Гьел гьенир данделъиялъе букӏана лъабго гӏиллаги. Редакциялъул хӏукму ккана газеталда цебе кидаго хӏалтӏулеб магӏарулазул жамгӏиял церехъабазул совет гӏуцӏизе. Гьелъ гӏатӏидго рорхизе руго нилъер миллияб басмаялда, маданияталда, гьединго мацӏалда сверухъ раккун ругел унтарал суалал. Щиб гьабизе бегьулеб ва кинал ресал ралагьилел нилъеца иш рукӏалиде бачӏинабиялъе? Гьел ва цогидал суалал гьоркьор лъун, кӏудияб хӏалтӏи цебе бачине буго бицен гьабулеб советалъ.\nГьединго пикру ккана нилъер миллиял церехъабаз нахъе тараб бечедаб нахърател цӏигьабиялда тӏад хӏалтӏулеб, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб «Рухӏияб ирс» абураб фонд гӏуцӏизеги.\nВа лъабабилеб, ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, исана ихдал «Хӏакъикъат» газета гӏуцӏаралдаса 105 сон тӏубаялда бан, Махӏачхъалаялда миллияб фестиваль тӏобитӏизе.\nРедакциялде рачӏаразда гъорлъ рукӏана шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, жамгӏиялгун политикиял церехъабиги.\nГьел ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев, Халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадов, Халкъияб Собраниялъул депутат, Гумбет районалъул Гьарадерихъа Гӏабдулвахӏид Лабазанов, РАНалъ ул ДФИЦалъул профессор, физикаялъулгун математикиял гӏелмабазул доктор Ибрагьимхан Камилов, филологиял гӏелмабазул доктор, Хъвадарухъабазул союзалда цебе бугеб Авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов, «Газпром Газораспределение Дагестан» ОАО ялъул вукӏарав нухмалъулев, цеве республикаялъул хӏукуматалъул вукӏарав вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадов, халкъияв шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаев, магӏарулазул шагӏир «Авар басмабазул цолъиялъул» нухмалъулев Мухӏамадрасул Гӏумаров, ДРялъул халкъияв артист, композитор Каримулла Гӏабдулаев, ДРялъул мустахӏикъав артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадов, машгьурав экономист, жамгӏияв хӏаракатчи Халил Халилов, Дагъистаналъул Халкъиял шагӏирзаби Залму Батировагун Сабигат Мухӏамадова ва гьел гурел цогидалги.\nЖАКЪАСЕБ КЪОЯЛЪУЛ КЪВАРИДАБ САРИН\nБайбихьиялъул каламалда киназего саламги кьун, жакъасеб данделъи тӏобитӏиялъе ккараб гӏиллаги баян гьабун, гӏатӏидго гьелъул хӏакъалъулъ бицине газе талъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас рагӏи кьуна редакторасул заместитель Зикрула Ильясовасе.\n-Жакъа нилъер миллияб мацӏалдаги, маданияталдаги, гьединго миллиял мацӏазда рахъулел газет-журналаздаги сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал нужедаго бихьулеб батила. Гьелъул гӏемераб бицана ва жакъа нахъеги бицине ккун буго. Сон нижер районалда кӏудияб дандчӏвай гьабун буго халкъазда гьоркьосел къецазда бергьенлъиги щун руссарал спортсменазда. Гьеб лъикӏаб иш буго, батӏаго гьелда дандечӏарав чиги дун гуро. Амма жакъа, мисалалъе, 22 сон барав гӏолохъанав гӏелмабазул кандидат вахъун вугилан рагӏани, кӏудияб къадругун гьесда дандчӏвай лъица гьабулебин гьикъани, гьединал гӏадамал ратулел гьечӏо. Гьединлъидал хӏукму ккана магӏарул газеталъ, жиндирго редакциялъулаб политикаялда рекъон, рорхулел суалал тӏалъиялдаги рагӏизелъун редакциялда цебе жамгӏияб совет гӏуцӏизе.\nГьединго ракӏалда буго нилъер миллияб газеталда цебе, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда «Рухӏияб ирс» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондги гӏуцӏизе. Жакъа гьединаб фонд хӏажат букӏиналда дандечӏарав чи нужеда гъорлъ вукӏинарин ккола. Гьединго гӏуцӏун буго гьеб фондалъул советалда гъорлъе росизесел чагӏазул сияхӏги.\nЛъабабилебги, ракӏалда буго исана нилъер миллияб басма «Хӏакъикъаталъул» тӏоцебесеб но мер биччаралдаса 105 сон тӏубай кӏодо гьабун ва Расул Хӏамзатовасул юбилеялда хурхун миллияб прессаялъул фестиваль тӏобитӏизеги-, ян абуна Зикрула Ильясовас.\nГьесда хадуб рагӏи босана Мухӏамад Ахӏмадовас.\n-Жакъа дида, киве щваниги, рагӏулеб цо жо буго «Расул Хӏамзатовасул юбилей, Расулил нусго сон» абун. Амма нилъеца гьесул юбилей кӏодо гьабизе ккола, чӏаго вукӏаго Расулица бищун хӏажаталин рикӏкӏунел рукӏарал мурадалги гӏумруялде рахъинарун.\nГьединлъидал гьесул цӏаралда фонд гӏуцӏулеб букӏиналдаса цӏакъ вохана дун. Расулил юбилей абун рикӏкӏен гӏемерал тадбиралги, кочӏол сардалги, квана-гьекъеялги тӏоритӏун, риххизе руго киналго, лъугӏизе буго гӏарац, амма нахъе щиб хутӏулеб абураб суал кьолев чи вукӏине гьечӏо гьесул юбилей гьабизе кколаянги абун, цере кӏанцӏолел хӏакимзабазул, я жакъа, я тӏадеялъул. Гьединлъидал цӏакъ бокьилаан Расулил нусго сон кӏодо гьабизе риччарал миллирдазул цо миллиард гьеб фондалъеги щолебани. Амма цоги суал бачӏунеб буго: къваригӏун бугищ жакъа гьеб фондги, гьелъ гьабулеб хӏалтӏиги магӏарулазе абураб. Щайгурелъул жакъа магӏарулазул цӏакъ цоцаздаса тӏолеб, тӏурулеб, жалго жидедасаго чӏухӏулеб, цоцадаса рохулареб гӏамал баккун буго. Миллаталъухъ ракӏги унтарав, умумузул мацӏалъухъ рокьиги ккарав, маданияталъул адабги гьабулев магӏарулав ватулев гьечӏо жакъа. Бокьараб магӏарул росулъе щваниги, жакъа гӏисинлъималги руго, гӏурус мацӏги бицунаго, рекерахъдилел, харабиги руго гьезда хадур реке рахъдулел гӏурус мацӏги бицуна го, эбелинсуца гъасдаги буго гьеб гӏурус мацӏ хъурулеб. Мигьлъулеб буго жакъа магӏаруллъи. Миллион чи ругел нилъер магӏарулазул, 500 чи ватулев гьечӏо «Гьудуллъи» журналалъе подписка гьабурав, «Лачен» журнал хъварав. «Хӏакъикъат» газеталъул подпискаялда сверухъ бугеб гизма нужедаго лъалеб батила.\nДида ракӏалда буго мунагьал чураяв Муса Мухӏамадов чӏаго вугеб мехалъ 25000 подписка букӏана «Гьудуллъи» альманахалъул. Почалдеги хьвадун гъираялда гьеб хъвалел магӏарулал рукӏана цере. Жакъайин абуни… Цониги магӏарулав гьечӏо хъвазе бокьарав. Гьелъул гӏемераб бицун ракӏги унтун буго, бетӏерги унтун буго, гӏемер пикраби гьарун черхги свакан буго.\nГьединлъидал бокьилаан жакъасеб данделъиги, гьаниб хабарги бицун, гьелдалъун лъугӏулеб гуреб, хӏалтӏиги бугеб, хӏалтӏул хӏасилги кколеб, бечедал тадбиралги тӏоритӏулеб, сверухъ чӏагоял гӏадамалги ракӏарулеб лъугьине.\nРасул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб фонд жакъа гуреб, гьалдаса цо анцӏила щуго соналъ цебе къваригӏун букӏана. Амма суал буго кӏвезе бугищ гьеб фонд хӏалтӏизабизе, кватӏун ругищ нилъ гьелъие абураб. Щайгурелъул юбилей гьабизе гӏедегӏун гурони, цо пайдаяб иш гьабизе бо кьарал чагӏи дагьал руго юбилеялда сверухъ. Аслияб суал буго: кӏвелищ нилъеда сахаб фонд гӏуцӏизе абураб?»- ин суал лъуна Мухӏамадица.\nГьесул кӏалъаялъул аслияб магӏна букӏана жакъа гъапуллъун бугеб магӏарул миллат борчӏизабизе кӏвеладай нилъеда, кӏвелародай абураб. Цебе «Огонёк» журналалъул букӏунаанин моцӏида жаниб цо нухалъ биччалеб гьитӏинаб тӏехь. Гьединаб тӏехь щайин бегьулареб биччазе гьеб фонд гӏуцӏун хадуб, мисалалъе, нилъер классиказул асарал бегьилаанин байбихьуда гьенир рахъизе. Гьединго лъималазе тӏахьал, магӏарул мацӏалда хӏадур гьарурал мультфильмалги бегьилаанин риччазе-ян абуна М. Ахӏмадовас хадубги. Гьелъул рахъ ккуна данделъиялда рукӏаразги.\nМоцӏида жаниб цо нухалъ биччалеб журнал букӏанин редакциялъул, амма типографиялъулгун гӏунгутӏабиги раккун, къотӏизабизе кканин гьеб биччайин абуна Зикрула Ильясовас. Гьанже фонд гӏуцӏулеб бугелъул, бегьилин яги, Ахӏмадовас абухъе, хрестоматия гӏадин, хъвадарухъабазул асаралги рахъараб цо гьитӏинаб тӏехь, яги цоги журнал биччазеян абуна Гӏумахан Гӏумахановасги.\nМАГӏАРУХЪ ГӏУМРУ КУНЧӏИЗЕ БОКЬАНИ…\nХалкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановасулги квешаб кӏалъай букӏинчӏо. Жиндиеги цӏакъ рекӏее гӏунин редакциялда цебе гьединаб жамгӏияб советги, миллияб нахърателалъул тадбир гьабулеб фондги гӏуцӏизе букӏинилан абуна гьес. Халкъияб Собраниялдаги Пачалихъияб Думаялдаги ругел магӏарулазул киналго депутаталги ракӏарун, цо инициативияб къокъа щайин нужеца гӏуцӏуларебин гьикъана гьесда Зикрула Ильясовас. Гьес депутатасда бичӏчӏизабуна нилъерго унтарал суалал республикаялъул ва федералияб тӏалъиялда рагӏизаризе гьезул рес цӏикӏкӏун букӏунеблъи.\nЖив батӏаго гьелде дандечӏарав чи гурин, амма тӏалъиялъеги, «Единая Россия» партиялъул тӏалабалги хӏукумабиги тун, нахъиябщинаб жо кӏиабилеб бакӏалда букӏунин, дагьаб чара хвараб жаваб кьуна Гӏабдулвахӏидица. Амма живгоги гӏемерал соназ «Гъизилюрталъул харбал» газеталъул бетӏерав редакторлъунги хӏалтӏарав, миллаталъул гӏузрабаги ричӏчӏулев, творчествоги бичӏчӏулев чи вуго Гӏабдулвахӏид Лабазанов. Гьесдаса кӏудияб пайда букӏина цӏигӏуцӏараб жамгӏияб советалъеги «Рухӏияб ирс» фондалъеги.\n— Нилъер мацӏги, маданиятги, рухӏияб ирсги цӏунизе ккани, тӏоцебесеб иргаялда, росаби цӏунизе ккола. Росаби риххун лъугӏани, щибниги мунпагӏалъи букӏунаро мацӏ цӏунизе бахъулеб хӏаракаталъул. Гьеб буго бищун аслияб масъала росабазул нухмалъулезулги, гьезда хадур рилълъун, нилъерги. Магӏарул газетаги журналги цӏалулев чи бищун гӏемер вуго жакъа магӏарухъ. Гьел цӏунизе ккола жакъа нилъеца. Депу татлъун ккараб тӏоцебесеб къоялдаса нахъе, гьале Каримулагьидаги лъала гьеб (Каримула Гӏабдулаев), дица кӏвар буссинабун буго Бузнаса нух бахъун лъугӏизабиялде. Магӏарухъ гӏумруги букӏине ккани, доба гӏадамаз магӏишатги гьабизе ккани, гӏолохъаби шагьаралде тӏуричӏого росулъ чӏезе ккани, гьенибе букӏине ккола нухги, бачине ккола газги, бахъизе ккола лъимги магӏарухъ яшав букӏине ккола берцинаб. Гъасда цӏаги кунчӏизе, гӏадамалги гьарудизе нилъее бокьун батани, нилъеца гьезие санагӏатал шартӏалги гӏуцӏизе ккола. Гьеб буго дие абизе бокьараб жо-, ян абуна Гӏабдулвахӏид Лабазановас.\n«ЭТНОАШБАЗАЗДА» МАГӏАРУЛ КАЛАМ\nМухӏамад Хӏамзаевас бицана исана республикаялъ кӏодо гьабизе бугин имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубайин.\n-Гьелде хӏадурлъулел руго нижги, рахъизе руго тӏахьалги, рукӏина, Аллагьас хъван батани, батӏи-батӏиял тадбиралги. Амма дие абизе бокьараб, цӏакъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабизехъин буго жакъа Расул Хӏамзатовасул цӏаралда «Рухӏияб ирс» абураб фонд гӏуцӏи. Расулил цӏаралда гӏуцӏулеб фонд бугелъул, тӏад рахъ ун калам гьабизе бокьарал чагӏиги рукӏинарин ккола (гьединалги камуларелъулха- авт.). Цӏакъ лъикӏаб букӏинаан (гьеб фондги рагьулеб бугелъул), магӏарулазул цо «Этноцентр» гӏуцӏани. Гьединго цӏакъ берцинаб букӏинаан, шагьаралда жакъа нилъерго «Магӏарулазул этнокафе» абун ашбаз рагьани. Цо гуреб, цо анцӏго рагьаниги бегьулеб хӏал буго жакъа Махӏачхъалаялда. Гъоле тумаз рагьун буго гьеб некӏого. Гьенире кваназе магӏарулалги уна. Гьениб хвезабулеб гӏарац нилъерго гьединаб ашбазги рагьун, щай бегьулареб хвезабизе?\nГьединго цӏакъ хӏажат буго жакъа шагьаралда «этно- ясли-ахги». Гьитӏичаздаги умумузул рахьдал мацӏги лъазе, рухӏияб рахъалъ гьелги бечелъизе, лъайги щвезе. Гьеб пикру загьир гьабизе цебего бокьун букӏана. Гьелъие хӏадурараб уставги буго. Кумек гьабизе бокьарал, кисиниб гӏарац бугел гӏолохъабиги руго. Хӏажалъани, жеги тӏадеги ралагьизеги кӏола гьел. Фондалъе бачӏунеб гӏарацги букӏина. Гӏумаханица жакъа гьаниб абухъе, гьеб фонд цоги кӏигоги къоялъ гуреб, чанго соналъ хӏалтӏулеб жолъидал букӏинеб. Рачӏа нилъеца гьеб ишалъе гъеж гуризе-, ян абуна Мухӏамад Хӏамзаевас.\nКиназго разилъун гьеб пикруялъул рахъги ккуна. Лъикӏаб кӏалъай букӏана гьеб данделъиялда гьунар бугев экономист ва жамгӏияв хӏаракатчи Халил Халиловасул.\nНИЛЪЕР ГЬАРАКЬ ТӏАЛЪИЯЛДА РАГӏУЛЕБ ГЬЕЧӏО\n— Хӏакъикъаталдаги, миллионгӏанасев чиги жанив вугеб бечедаб тарихалъул ва рухӏияб нахърателалъул миллат буго магӏарулазул. Амма жакъа квеш ккараб жо буго нилъер гьаракь лъиданиги рагӏулеб гьечӏеблъи, нилъер гӏузрабазухъ гӏинтӏамулев ва ургъел бугев я хӏаким, я пачалихъалъул идара батулеб гьечӏолъи буго пашманлъизе ккараб жо. Республикаялъул Маданияталъул министерствоялъе гьезул ургъел гьечӏо, Печаталъул ва информациялъул министерствоялдаги нилъер тӏалабал ричӏчӏулел гьечӏо. Республикаялъул парламенталдаги магӏарулазул рекӏелъ унтарал суалал цере росун, данделъи тӏобитӏизе кӏолеб гьечӏо. Лъидаха кӏолеб? Лъиенигийищха магӏарулалги, гьезул рекӏелъ къарал суалалги хӏажат гьечӏел. Гьединлъидал цӏакъ вохана дун нужеца редакциялда цебе рухӏияб ирс гӏуцӏулеб букӏиналдаса. Киназго рехун тарал, амма цӏакъ кӏвар бугел суалал роцӏцӏинаризе нужехъаги бажаризе буго. Гьелда божула дун.\nЖакъа гьаниб бицана нилъер миллияб кечӏ-бакъанги маданиятги ккун бугеб бакӏалъул хӏакъалъулъ. Нилъергӏан бечедаб тарихги мацӏги бугеб миллат цониги бугищ республикаялда? Амма жакъа кочӏохъабиян ругел чагӏаз ахӏулеб чӏандаялъухъ гӏинтӏаме цо. Чияр чиясда, гьоболасда цебе гьеб кечӏ биччазе нечола дун. Къваригӏун буго нилъерго умумузул берцинал бакъналги, щибаб рагӏи рекӏелъе жанибе бортуледухъ гьарурал кучӏдулги, умумузул ретӏелги, квен-тӏехги нахъ буссинабизе-, ян абуна Халил Халиловас.\nХадурагӏи\nДанделъиялъул ахиралда киналго разилъун редакциялда цебе гӏуцӏараб жамгӏияб Советалъул нухмалъулевлъун вищана жамгӏияв хӏаракатчи, цеве бакӏал ралезул цевехъанлъун вукӏарав Гӏумар Гӏабдулаев. Цӏакъ кӏалъазе махщел бугев, интересаб пикруялъул инсан ватана Гӏумар.\nХӏукму ккана Расулил цӏаралда гӏуцӏулеб фонд цоги нухалдаги данделъун, киналъулго хӏисабги гьабун, гӏуцӏизегӏан тезе. Гьединго киналго разилъана, Аллагьас хъван батани, ихдаде газеталъул 105 сон тӏубайги кӏодо гьабизе, Миллияб прессаялъул фестивальги тӏобитӏун, бечедаб тадбиралдеги хӏадурлъизеги.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "15786-uchitelzabigi-turistalgi-gii-botsiigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15786-uchitelzabigi-turistalgi-gii-botsiigi", "title": "Учительзабиги, туристалги, гӏи-боцӏиги", "date": "2022-02-03 08:29:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьанжегӏагар ДРялъул нухмалъиялда тӏобитӏараб данделъиялда хӏасилал гьаруна 2021 соналда социалиябгун экономикияб рахъалъ ре спубликаялда ккараб цебетӏеялъул.\nДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, гьединал хӏасилазда гьоркьоб Сергей Меликовас рехсолеб буго инфраструктура лъикӏлъизабиялъул мурадалда гӏуцӏарал проектазе федералияб централъ къарзалъе гӏарац биччай — 10,5 млрд гъурущ. Гьелъул цо къадар харж гьабизе буго Махӏачхъалаялда гьекъолеб лъел суал роцӏцӏинабизе. Хасго тахшагьаралда коллектор баялъе проект бахъизеги хвезабизе рес буго гьеб гӏарцул цо къадар.\nАхираб къого сон буго гьеб коллектор къваригӏун бугилан бицунелдаса, амма хабар бицакицадаго хутӏулеб буго.\nГьединго Меликовас бицана инвестициялъул программаялда рекъон, 389 объекталъе гӏарацги биччанила гъоркьиса. Гьезул 47 объект бан лъугӏунги буго.\nТуристал рачӏиналъул ишги лъикӏ ккун буго гъоркьиса. Гьедин гьезул цо миллион чи вачӏун вуго нилъехъе. Гьеб ккола 2020 соналда дандеккун, 30 проценталъ цӏикӏкӏун. Гӏи-боцӏухъанлъиялъул хӏасилалги квешал гьечӏин абуна Меликовас, амма гӏиял гьан къачӏан, хӏадурулел хасал бакӏал гьечӏила республикаялда.\nГьеб данделъиялда бицухъе, аслияблъун хутӏулеб буго гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезариялъул суалги. 2021 соналда хъвай-хъвагӏай гьабун буго хӏалтӏи гьечӏого хутӏарав 34 азарго чиясул. Гӏадамал хъулухъазда толелъул унго-унголъунги хасаб пишаялъе лъай щварав, иш бажарулев чи гурони гьениве тӏамулареб куцалда гӏуцӏизе къваригӏун бугин хӏалтӏи,-ян кӏалъана С. Меликов. Гьелъие гӏоло кадрабазул комиссияги гӏуцӏизе буго.\nДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Руслан Гӏалиевас тӏадчӏей гьабуна республикаялъул инвестициялъул программаялъул бициналда. Гьеб гӏумруялде бахъинабизе 2021 соналда биччараб 18,4 млрд гъурщил 11,2 млрд кколеб буго федералияб бюджеталдасан щвараб, хутӏараб – республикаялъул гӏарац. Гьеб харж гьабун буго объекталгун кьоял разеги, нухал рахъизеги, лъим бачинеги.\nШколазда учительзабазе щолеб харж цӏикӏкӏинабиялъул суалги борхана данделъиялда. Цӏияб соналдаса хадуб кӏуди-кӏудиял харжал щвезе бегьулин хьулги лъун, мухь дагьал учительзабазе гьеб цо-цо муниципалитетазда премиял хӏисабалда кьун ратун руго. Гьелда бан Финансазул министерствоялъ санагӏалъи гьабулеб буго мугӏалимзабазе харжал цӏикӏкӏинаризе.\nАмма цо-цо бакӏазда декабралъул гӏарац жегиги щун гьечӏо гьезие. Масала, Нугъай районалъул 400 учителасе.\nМинистр Руслан Гӏалиевас абуна цо-цо школазда учительзабаздасаги цӏикӏкӏун техническиял хӏалтӏухъабиги ругила, бакӏазул нухмалъулез реквизиталги гъалатӏазулги цӏун рачӏунел ругила. Гьедин документация битӏа-бишизабулагоги унеб бугила заман.\nГьединалго гӏунгутӏаби кколел руго пачалихъиял хӏажалъабазе гӏоло босулеб къайи-цӏаялъулги. Масала, муниципалитетаз жиде-жидер планал-графиказда хъвалеб гьечӏо босизе кколеб къайи. Цинги гьел рекӏеда ратараб мехалда хъата-масан хиса-басиял гьаризе кколел руго. Гьедин документазда сверухъ гӏемер гӏала-гъважаги кколеб буго, жиндир заманалда харж гьабичӏолъиялъ, федералияб бюджеталдаса биччараб гӏарцул гӏемерисеб тӏад буссинабизеги кколеб буго."}
{"slug": "15787-chiyade-kkechieb-giumruyal-e-giolo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15787-chiyade-kkechieb-giumruyal-e-giolo", "title": "Чияде ккечӏеб гӏумруялъе гӏоло", "date": "2022-02-03 08:34:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда «Жизнь без слез» абураб инвалидазе кумек гьабулеб Дагъистаналъул регионалияб жамгӏияб гӏуцӏиялъул минаялъуб рагьана батӏи-батӏиял махщелал малъулеб центр. Чияде ккечӏого гӏумру гьабизе ругьун гьарула инвалидал гьеб жамгӏияб рагьиялъ. Централда гӏисинал мастерскаял рагьиялъул проект гӏуцӏун буго «АбсолютПомощь» абураб гурхӏелрахӏмуялъул фондалъул гранталда рекъон.\n«Жизнь без слез» ДРООПИ гӏуцӏун букӏана 2006 соналдаго Гӏайшат Хӏамзаевалъул ва цогидалги сахлъиялъул санагӏалъи гьечӏел лъималазул эбел-инсул хӏаракаталдалъун. 2009 соналда рагьана къад заманалъ сакъатлъи бугел лъималазе кумек гьабулеб, гьел гӏадатияб гӏумруялде ругьун гьарулеб мина. «Жизнь без слез» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъ хӏалтӏи гьабулеб буго ижараялъе босараб лъабтӏалаяб минаялъуб. Гьениб кӏиго тӏалаялда аутизм, ДЦП ва сахлъиялъул рахъалъ цогидалги гӏунгутӏаби ругел лъималгун хӏалтӏула психологал, педагогал-дефектологал, логопедал. Централда тӏалаб гьабулеб буго 178 лъимадул, жеги 200 лъимерги бачине бакӏ гьечӏого иргаялда хутӏунги буго. Минаялъул лъабабилеб тӏалаялда гӏуцӏун буго жидерго тӏалаб гьабизе бажарулел 1523 сон барал лъималазда батӏи-батӏиял махщелал малъулел кабинетал. Гьанже рагьараб «Самостоятельная жизнь» абураб отделениялда сахлъиялъул рахъалъ санагӏалъи гьечӏел лъималазе кумек гьабулеб буго социалиябгун психологияб ва захӏматалъулаб гӏадатияб гӏумруялде ругьунлъизе. Гьенир лъимал ругьун гьарулел руго цӏулал тӏагӏелал къачӏазе, щагӏил тӏагӏелал гьаризе, батӏибатӏиял формабазул хӏедучирахъал, гӏисинмаххазул берцинал алатал гьаризе, рукъаризе, рукъалъул магӏишат нухда бачине ва квен гьабизе. Гьединго централда лъималазда малъула компьютер хӏалтӏизабизеги.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15789-soldatazgo-giadin-tiubazabize-kkolaan-ministerstvoyal-ul-amru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15789-soldatazgo-giadin-tiubazabize-kkolaan-ministerstvoyal-ul-amru", "title": "«Солдатазго гӏадин, тӏубазабизе кколаан министерствоялъул амру»", "date": "2022-02-03 08:44:17", "categories": ["med"], "text": "Кавказалъул рагъул заманалда Тӏасияб Хъараниб имам Шамилил гун гӏурусазул букӏараб рагъулги, кидаяли жидер росу бакьулъан арал Никӏалай пачаясулгун гьесул чукъбузулги, Александр Дюмалги, Багратионилги, гӏурусазул машгьурал художниказулги хӏакъалъулъ гӏажаибаб шавкъалда Патӏиматица бицунеб харбихъ гӏенеккидал, гьей тарихчӏужу ятилин ккезе бегьула. Гьединго, цо хӏухьладалъун гьелъ бицуна батӏи-батӏиял халкъазул тарихалъулги, культураялъулги, магӏишаталъулги хӏакъалъулъ.\nАмма Патӏимат Хӏажиева ккола акушер-гинеколог. Хӏалтӏана Анголаялдаги, Избербашалдаги, Махӏачхъалаялдаги. Гӏемерисезда гьей лъала республикаялъул централияб больницаялъул отделениялъул заведующая хӏисабалда. Машгьурай офтальмолог Наида Гъойтиевалъул эбелги ккола гьей. Гьединлъидал нижеца гьаниб кьолеб буго медицинаялда тӏасан Патӏимат Хӏажиевалъулгун ккараб гара-чӏвари\n-Дир эбел-эмен кколаан, ункъо-щуго классалъул гурони лъай щвечӏел гӏадамал. Эбелалъул гьитӏинав вац вукӏана школалъул директор. Имгӏал гьединаб хъулухъалда вукӏиналъ кӏудияб асар гьабулаан дие. Цӏакъ къимат гьабулаан учительзабазулги. Инсуца нижеда лъазабун букӏана сахав чиясе абураб цо рагӏи гӏезе кколин, гьединлъидал учитель тӏад вуссун, кӏиабизеги нужеда кӏалъазе кканин абураб жо жинда рагӏизе тогейилан. Гьебги гӏун, дицаги хӏаракат бахъулаан гӏицӏго ункъил-щуйилазда цӏализе.\nХас гьабун тохтурлъиялде дир рокьи бижана гьадинаб хӏужаялдалъун. Цере магӏарухъа гӏадамал шагьаразде, гӏодоблъиялде хьвадулаан нижер росулъан. Генуса нижер гьалбадерил яс, Рахӏима, йикӏана больницаялда санитаркалъун хӏалтӏулей. Зама-заманалдасан шагьаралде отчётал кьезе росулъа ячӏуней акушер-гинекологги чода рекӏинаюн, хадуб цӏан чугун, нижехъан хьвадулаан Рахӏима. Сордо гьез нижехъ балаан. Чӏухӏараб рукъин абулаан нижеца гьалбал регизаризеян тараб рукъалде. Нижерго микьавго чи (щуябго лъимерги, эбел-эменги, кӏудияй эбелги) цогидаб рокъор рукӏунаан.\nТохтуралъе щиб къваригӏаниги, гьебги босун эбелалъ дун йитӏулаан (квен-тӏех, какие чуризе хӏажатал тӏагӏелал ва цогидаб). Гьеб мехалда дида кколаан бихьулищин тохтуралъе букӏунеб бугеб лъикӏ – чияца кинабго кодобе босун кьолеб бугин гьелъухъе. Гьединго дихъеги босун рачӏине рукӏине, дунги цӏалилин кӏудияй гӏедал тохтурлъиялъе. Гьедин ккезеги ккана.\n-Доб мехалда гьанже гӏадал шартӏал рукӏинчӏелъул, гӏемер рукӏун ратила унтулелги холелги…\n-Шартӏал рукӏинчӏониги, унтаразда хадуб чӏезабулеб хъаравуллъиги гьездехун гьабулеб бербалагьиги кутакалда лъикӏаб букӏана. Союз биххаралдаса медицинаялъул иш лъугӏанин ккола дида.\nСоветияб медицинаялда бищун гвангъараб цӏвалъун дица рикӏкӏуна ДАССРалъул бетӏерай акушер-гинекологлъун йикӏарай Сугъралъа Рукъият Хӏамзатова-Гӏабашилова.\nГьитӏинаб букӏаниги, цониги къватӏалъе, сквералъе, больницаялъе яги мадрасаялъе Рукъиятил цӏарги кьун, мунагьал чураялъул рухӏ бохизабизеги гьелъул цӏар даим гьабизеги анищ буго дир. Гьелъие гӏоло хӏалтӏи гьабулебги буго.\nМоцӏалъ цебе 97 сон тӏубана Рукъият гьаюралдаса (гьей гӏумруялдаса ятӏалъана гъоркьиса 25 июналда). Доб мехалда республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Наби Къураев сабаблъун лъана дида Рукъият. Бачӏинахъего Махӏачхъалаялда хӏалтӏи кьолеб букӏинчӏо дие, цин лъагӏалица Избербашалде ине кколин. Гьений чӏезе бокьичӏони, лъагӏалидасан нахъюссун ячӏине бегьулинги абуна министрас. Гьедин, лъикӏги-квешги ана лъагӏел ва ракӏалде ккана Махӏачхъалаялде нахъ юссине (дир хъизан-рукъги гьениб букӏиндалха, тӏадежоялъе, Избербашалда йикӏана дир хӏалтӏи къваригӏарай тохтурги).\nПалхӏасил, министр Къураевас тӏубазабуна кьун букӏараб рагӏи. Цинги, ахӏун республикаялъул бетӏерай акушер-гинеколог Рукъият Хӏамзатовагун, гьес гьелда абуна дие хӏалтӏи кьеян.\nРукъиятида ракӏалде ккана дун централияб больницаялде йосизе. Цинги дица хъвараб гӏарзаги кодоб ккун, гьелъ махсара гьабуна кигӏан лъикӏинха гьанже переводчицагӏаги йигей, магӏарухъа рачӏунел руччабаз бицараб жо гӏурус мацӏалде буссина бизе.\nДун хӏалтӏизе лъугьараб централияб больницаялда акушер-гинеколог хӏисабалда бащдаб ставка букӏунаан гьелъулги. Чара гьечӏого командировкаялъ яги цогидаб къваригӏелалъ дое-гъое ине кколеб мехалда гьелъ дида тӏадкъалаан жиндирго дежурстваби. Гьедин дагь-дагьккун нижер гьудуллъиги ккана, цоцахъе тӏаде-гъоркьеги унаан.\nРукъиятил рос Мухӏамадхӏажиявги («Дагэнергоялъул» гендиректорлъун вукӏарав Хӏамзат Хӏам затовасул эмен – авт.) гӏезегӏан лъикӏ лъалаан дида. Лъай кьеялъул министрасул заместительлъун вукӏана гъов доб мехалда. Гьединго дунялалъул кӏиабилеб рагъул заманалда япониялъулазулгун рагъде Манчжуриялде витӏарав гьев, гьениб бихьизабураб гьунаралъухъ Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏар кьезецин вихьизавун вукӏун вуго. Амма исламиял церехъабазул цояв, Гӏабдурахӏманхӏажи Сугъуриясул наслуялъул чи вугин гьев, гьединал чагӏазеги кьолеб жойищ тӏадегӏанаб цӏар букӏунебан, нахъасан мацӏалги гьарун, квал-квал ккун буго гьелъие.\nМухӏамадхӏажиясул кумекги нижее жеги Рукъиятилгун лъай-хъвай ккелалдего щун букӏана. Щуйилазда Буйнакскиялъул педучилище лъугӏарай дир яцалъ экзаменал кьун рукӏана Руччабазул институталде лъугьинеги (пединституталде). Амма цӏализе рорчӏаразда гъорлъ гьелъул цӏар батичӏо. Гьеб мехалда дир росасул гьудул-гьалмагъас, хадув мединституталъул кафедраялъул заведующийлъун вукӏарав Гъуниб районалдаса Шамил Гӏумаровас бицана лъай кьеялъул министрасул заместительлъун жидер районалдаса чи вугила, гьесда абилила гьеб суалалъул цӏех-рех гьабеян. Гьев чи ватана Мухӏамадхӏажияв. Ахӏун ректорасухъегун, гьес нахъисеб къоялъго дир яц пединституталде йосизаюна.\nГьанже нахъа, гьесул лъади Рукъиятилгун гьудуллъи ккедал, нижер яцалъе гьабураб гӏаданлъи ракӏалде щвезабуна Мухӏамадхӏажиясда. Жинца гӏезегӏан гьарунила, Патӏимат, гӏадамазе гьединал кумекал, амма гьезда гьеб кӏочон толеб бугинхаян абуна гьес.\nГьесул хъизаналъул бициналде тӏад руссани, дида ккола жидерго рукъалъул чагӏазеяздасаги цӏикӏкӏун пайда Рукъият ХӏамзатоваГӏабашиловалъ чияр чагӏазе гьабун батилилан. Щайин абуни, сордо-къадлъи батӏалъи гьечӏого, хӏалтӏуда йиххун йикӏунаан гьей.\nГьединабго хӏалтӏи нижедасаги тӏалаб гьабулаан мунагьал чураялъ. Масала, цо нухалъ хабар щвана Унсоколо районалъул Балахьуни росулъ лъимаде йикӏарай кӏиго чӏужугӏадан хванин, биги чвахун, цо анкьида жаний. Рукъиятица дида абуна санитарияб вертолёталдеги яхун, мун хъата-масан Балахьуние йоржине кколилан. Гъоб мехалда дир рокъор рукӏана гьанжегогьанже школалде хьвадулей ясги лъагӏелгун бащдаб мех барав васги. Мадугьалалда тӏад гьелги къан, ине кканаха.\nГьединабго хӏужа Лъаратӏаги ккун букӏана. Гьеб мехалда гьениреги ритӏана Рукъиятица дунги цогидай тохтурги. Хӏалтӏул къо ахиралде щвезе абуни бащдаб сагӏат хутӏун букӏана. Хӏажалъи ккани, нужеца гьениб операцияги гьабейин лъазабуна Рукъиятица нижеда. Гьебни гьабизе ккечӏо. Акушер-гинекологал рукӏинчӏолъиялъ, моцӏ Рутулалда, цоги моцӏ Бежтӏа бана дица. Армиялда ругел солдатаз кинигин, инкарги гьабичӏого, тӏубазабизе кколаан ми нистерствоялъул амру\n-Гӏолохъанлъуда мун росгун цадахъ Анголаялдаги хӏалтӏана. Гьеб улка хас гьабун нужецагойищ тӏаса бищун букӏараб?\n-Дир рос Мелъелтӏаса ккола. Институталдаса хадув гьев хӏалтӏана жиндирго росулъги Дилималъул больницаялда бетӏерав тохтурасул заместительлъунги. Хадур ниж ккана Избербашалде. Гьеб заманалда нижер гьалмагъзаби Алжиралдеги цогидал улкабаздеги унел рукӏана, гӏарац гьабизе. Гьебго жо нижедаги ракӏалде ккана, щибгӏаги шартӏалги гьечӏел баракалъур гӏумру гьарун тӏураларин абунха. Росасул курсцояв кколаан гьанже нахъа Ветераназул госпиталалъул нухмалъулевлъун вукӏарав мунагьал чураяв Ибрагьим Ибрагьимов. Доб мехалда гьев сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительлъун вукӏана. Гьесул квербакъиялдалъун документалги хӏадурун, ана Анголаялде. Гьеб букӏана 1978 соналъул сентябрь. Ниж гьенире щвараб къоялъ хун ватана Анголаялъул президент Агостиньо Нето. Гьеб мехалда тӏубан ургъел чӏвана нижеда, гьанже гьевги хун, рагъги байбихьилин, нижги нахъе ритӏилилан. Карибский кризис абун, СШАялдаги СССРалдаги гьоркьоб хӏалуцараб ахӏвалхӏал букӏана доб мехалда. Цо талихӏалъ, гьениве президентлъун ккана советияб заманалда Бакуялда нартил институтги лъугӏарав, гӏурусай лъадиги йигев Жозе Эдуард душ Сантус (гьеб хъулухъалда гьев вукӏана 2017 соналде щвезегӏан).\nАнголаялда кӏиго соналъ хӏалтӏана ниж тохтурзабилъун. Акушер-гинекологазе гӏемераб хӏалтӏи букӏунаан гьениб, щайгурелъул гьезул бихьиназе ихтияр кьолаан ункъ-ункъ чӏужу ячине. Гьез ясалги 14 сон баралго рачунаан.\nАнголаялдаса хадуй хӏухьбахъизе дун ун йикӏана Индиялде, Египеталде, Грециялде, Болгариялде. Дие цӏакъ бокьула батӏибатӏиял улкабазул культурагун тарих лъазабизе. Гьанже Англиялдеги ахӏулей йиго Анголаялда хӏалтӏулеб мехалдаго рукӏарал гьудулзабаз. Росулъ диего бухъун хобги хӏадурун тун йигей дун гьанжени киеха къватӏие яхъиней?\n-Унго-унголъунгийищ бухъун бугеб?\n— Унха (елъулаго). Дие гӏадамазулгун гьуинлъи гьабизе бокьула кий йигониги. Анголаялде иналде цере нижеда лъазабун букӏана во рейин, нужеца доба чияр гӏадамазул гьоркьоблъи гьабугеян. Гьабичӏого кин гьеб хутӏулеб, нилъ чӏагоял гӏадамаллъидал. Валлагь, гьудуллъиги гьабуна, ккараб мехалда уколалги гьаруна немцазеги цогидазеги, тӏаде-гъоркьеги ана.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "15790-grippgi-k-vatiul-untigi-tsogo-zho-guro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15790-grippgi-k-vatiul-untigi-tsogo-zho-guro", "title": "Гриппги къватӏул унтиги цого жо гуро", "date": "2022-02-03 08:58:57", "categories": ["med"], "text": "Хасавюрт районалъул Кокрек росулъа Расулов Гӏисаца хъвалеб буго: «Нижер росулъ гӏемерал чагӏазул гӏарз буго гриппалъ унтун ругилан. Цо-цояз абулеб буго, гьеб грипп гуреб, къватӏул унти (ОРЗ) кколилан. Гриппги къватӏул унтиги цого жо кколарищ? Рахунел унтабазул тохтурас «Хӏакъикъаталдасан» гьезул батӏалъиги, гьездаса цӏунизе кколеб куцалъулги хӏакъалъулъ бицани бокьилаан»-, абун.\nГӏадатияб гриппалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб бугин абун, гӏарз буго мугӏрузул районазул росабазул гӏадамазулги. Абулеб буго, СМИяздасан Ковидалъул гуреб, гӏадатияб гриппалъул хӏакъалъулъ бицунеб жого гьечӏилан. Гьеб хӏалги хӏисабалде босун, Дагъистаналда грипп тӏибитӏиялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гриппалдаги къватӏул унтабаздаги гьоркьоб бугеб батӏалъиялъул, гьезул хаслъабазул ва гьездаса цӏунизе кколеб куцалъул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Республикаялъул рахунел унтабазул централъул тохтур-инфекционист Мухӏамад Ниналаловасулгун.\n-Мухӏамад, гриппалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб бугищ?\n-Гӏемерисез къватӏул унтаби ги гӏадатияб гриппги цого жолъун рикӏкӏуна. Къватӏул унтабаз (ОРВИ) унтарал чагӏи исана гӏезегӏан руго, гьебго заманалда лабораториязул цӏех-рехаз бицунеб буго жакъа республикаялда гриппалъ унтаразул къадар рахӏатхвезе ккараб хӏалалда гьечӏеблъиялъул. Бетӏер унти, рухӏ тӏагӏин, мегӏер чвахи гӏадал гриппалъул гӏаламатал тӏатарал чагӏи руго. Гьеб хӏужаялъ бицуна гриппалъул вирусал чорхолъе ккарал цо-цо чагӏазул бидулъ загьруял жал цӏикӏкӏун рукӏиналъул хӏакъалъулъ.\n-Къватӏул унтабаздаги (ОРВИ) гриппалдаги гьоркьоб щиб батӏалъи бугеб?\n— Грипп ккола чорхолъе гьава цӏалел нухал унтизарулел вирусазул унти. Гриппалъул гӏаламатал тӏатуна чорхолъе вирус ккаралдаса цо-кӏиго сордо-къоялъул болжалалда жаниб. Гьелъ унтула цойидасанго, цӏакан бахуна, черхалда гъаргъар бала, ччорбал, бетӏер ва берал унтула, чорхол чӏаголъи хола. Кӏиабилеб къоялъ байбихьула хъегӏизе, керен унтизе.\nОРВИ ккола аденовирус ва риновирус абулел вирусазул тайпабазул «гӏайибалдалъун» лъугьунел унтаби. Байбихьуда баккула хъегӏи, ченхъей, щекъер унти, хадуб мегӏерччин, цинги цӏикӏкӏуна цӏакан, амма гьеб 38 градусалдаса тӏаде унаро.\nГрипп рикӏкӏуна захӏматаб ва инсанасул сахлъиялъе хӏинкъи бугеб бахунеб унтилъун. Гьединлъидал, нахъ бахъун течӏого, гриппалъ унтарав чияс тохтурасухъе хитӏаб гьабизе ккола. Амма бегьуларо антибиотиказ живго жинцаго сах гьавизеян лъугьине.\n-Инсанасул сахлъиялъе ва гӏумруялъе кинаб хӏинкъи букӏунеб гриппалъул?\n-Битӏун сах гьабичӏони яги тохтурасул тӏадкъаял тӏуразарулел гьечӏони, байбихьула гьал хадусел унтаби: хӏухьел цӏалел лугбузда ккола пневмония, бронхит, трахеит; гӏундузда, щекъералда, магӏазукъалазда ккезе бегьула ринит, синусит, отит; рекӏелгун бидурихьазул системаялда – перикардит, миокардит; нервабазул системаялда – менингит, менингоэнцефалит, энцефалит, невралгия. Бичча-бихъан тараб гриппалдалъун хӏинкъи букӏуна тӏаса унарел унтаби захӏматаб хӏалалде ккеялда.\n-Абула грипп лъабго батӏияб тайпаялъул букӏунилан…\n-Грипп гуро, гьелъул вирусал рукӏуна: А, В ва С тайпаялъул. Гьезул батӏалъиги ккола хисардизе бугеб гьунар (мутация). С тайпаялъул вирус хисуларо, гӏатӏидго тӏибитӏуларо ва гьелъ чӏахӏиял чагӏи унтуларо. В тайпаялъул вирусги, къанагӏат гурони хисардуларо, щибаб 4-6 соналдасан гьеб тӏибитӏула ва гӏемерисеб мехалда гьелъ унтула лъимал. Бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун рикӏкӏуна А/H1N1 тайпаялъул вирус: гьеб хисардула, цӏиял тайпаби лъугьуна, щибаб 2-3 соналдасан тӏибитӏула, гьелъ гӏисинал-чӏахӏиял батӏа гьаруларо.\nГриппалъул вирусал хола ультрафиолеталъул чӏораздасан, хлоралдасан, гьединго дезинфекция гьабулел жалаздасан. Гьел киналго хола 45 минуталда жанир 60 градусалъул багӏари бугони.\n-Кин унтизе бегьулел гриппалъ?\n— Аслияб къагӏидаялда нилъ унтула лъималазул ахалда, школалда, транспорталда, гӏемерал гӏадамал ракӏарараб бакӏазда.\nГьеб инфекциялъул аслу ккола унтарав чи: гьес вирусал тӏиритӏизарула хъегӏулаго, чинхъулаго, кӏалъалаго, гьавадулгун хӏацӏуялъул тӏирабаздалъун. Гьеб гуребги, вирус тӏибитӏула унтарас хӏацӏу яги лъамалъи тӏад тараб тӏагӏелгӏучӏалдасанги. Масала, чинхъулаго, унтарас хъатица кӏал бах чула, амма хадуб гьелъго нуцӏа ра гьула, гӏарац рикӏкӏуна… Гьездасан сахав чиясул кверазде ккола вирусал гъорлъ ругел хӏацӏул тӏираби ва, расги лъачӏого, гьел магӏазукъалахъе щола.\n-Гриппалъул вирусал жанире ккедал, инсанасул чорхолъ кинаб хисабаси лъугьунеб?\n-Унтиялде дандечӏей (иммунитет) мукъсанав чиясул магӏазукъалазул клеткабазда рекӏуна гриппалъул вирус. Хадуб гьеб лъугьуна клеткаялда жанибе ва гьениб гӏемерлъизе байбихьула. Микьго сагӏаталда жаниб гьелъул къадар цӏикӏкӏуна миллион нухалъ. Гьелда абула инкубациялъул заманилан абун. Гӏемерлъун ва къуват щун хадуб, вирусал магӏазукъалазул клетка баздасан бидулъе лъугьуна ва гьез цӏикӏкӏинарула чорхолъ заралиял жал. Унтиялде дандечӏей цӏикӏкӏараб черх бугони, вирусалъухъа бажаруларо бидулъ гӏемерлъизе, гьединлъидал унти дагьдагьккун ссун уна.\nВирусал гӏемерлъанагӏан, цӏакан цӏикӏкӏуна, бетӏер унтула, щекъер букарула, къалал чвахула… Тӏоцебесеб иргаялда, гриппалъ кьаби щвезабула иммунитетал да. Гӏисинал лъималазулги херал чагӏазулги букӏуна загӏипаб имму нитет, гьединлъидал гьел гриппалъ хехго ва захӏматго унтула. Грип палъул сезоналда лъималги хералги ине бегьуларо гӏемерав чи вакӏарараб бакӏалде; унел ругони, гьурмада маска ххела – гьелъ вирусаздаса цӏунула кӏиго сагӏаталъ, хадуб гьеб хисизе ккола.\n-Гриппалъ унтидал щиб гьабизе кколеб?\n— Гриппалъ унтараб черхалъе къваригӏуна къуват, гьединлъидал, цӏикӏкӏуна квен бихӏунаго кколел хиса-басиял (обмен веществ), гьел далъун черхалда сири бала. Гьеб ахӏвал-хӏалалда черх хинлъизабиялъе лъикӏаб буго тӏупакъан ва бухӏараб лъелъ хӏатӏал лъун.\nГриппгун къеркьезе черхалда къуват бачӏиналъе чара гьечӏел тадбирал:\nчӏезабила унтарав бусада хӏалхьиялда вукӏунеб къагӏида; дагь гьабила кванай, хасго белок цӏикӏкӏараб ва бежараб квен, щайгурелъул гьеб бихӏинабиялъе къваригӏуна гӏемераб къуват. Вакъани, кваназе ккола тӏадагьаб, лъамияб квен; унтарав вугеб рокъоб чӏезабизе ккола вирусал чӏвалел шартӏал: гьомгьоллъи, 18-20 градусалъул хинлъи, 60-70 проценталдаса цӏикӏкӏинчӏеб риччел, цӏияб гьава ва рацӏцӏалъи; цогидал гриппалдаса цӏуниялъул мурадалда, унтарасул гьурмада ххезе ккола маска, хъегӏизе ва чинхъизе ккола чӏартилъе, гьебги цо нухалда хӏалтӏизабулеб.\nХӏалтӏизаризе бегьула гӏемерал витаминал, гьоцӏо гъорлъ бугеб лъим, компот, гьанал гьагӏу, ражи ва лимон.\n— Кинаб тайпаялъул грипп дандчӏвалеб бугеб исана?\n— АN1H1 тайпаялъул. Гьелде данде гьабизе ккола вакцина.\n— Тохтурзабаз малъула гриппалдаса цӏуниялъе прививка гьабизе кколин, цо-цо гӏадамаз абула гьелъул бицине гӏураб пайда букӏунарилан…\n-Гриппалъул сезон байбихьилалде кӏиго моцӏалъ цебе, щивав чиясул чорхолъе чара гьечӏого биччазе ккола унтиялда данде чӏолеб вакцина. Гьелъ 85-90 проценталъ гриппалдаса гӏадамал цӏунула ва унти инабула бигьаяб куцалда. Гӏумру гьабун ругеб бакӏалъул поликлиникабазда, росабазул ФАПазда прививка чӏобого гьабула.\n— Мухӏамад, гара-чӏвариялъул ахиралда гриппалдаса цӏуниялъе щиб малъилеб?\n— Гриппалъ захӏматго унтула херал, чакрил унти бугел, ракӏ, бидурихьал ва гьуърал унтарал чагӏи. Грипп тӏибитӏидал, кӏудияб къваригӏел ккечӏого, гӏадамал ракӏарарал бакӏазде ине бегьуларо. Барахщичӏого, кванилъ хӏалтӏизабизе ккола гьоцӏо, бакъвараб курак, ражи ва лимон. Гриппалъул гӏаламатал тӏатиндал, пайда босизе бегьула Кагоцел, Ацелокоогцинум ва, бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏунеб Осильтамивир гӏадал дарабаздаса.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "15791-akhimadil-tierkhunareb-tsiva", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15791-akhimadil-tierkhunareb-tsiva", "title": "Ахӏмадил тӏерхьунареб цӏва", "date": "2022-02-03 09:18:23", "categories": ["insan"], "text": "Гьаб соналъул 4 январалда 60 сон тӏубалаан РФялъул Бахӏарчи полковник Ахӏмад Тӏинамухӏамадович Мухӏамадов гьавуралдаса. Амма гьев нилъедаса ватӏалъаниги, гьесул цӏарги ишалги гӏасрабаз мисаллъун хутӏила халкъалъул рекӏелъ.\nЩивав чиясда гӏумруялъул нухда дандчӏвала батӏи-батӏиял гӏадамал. Амма руго цо-цо гӏадамал киданиги сунцаниги хъвагӏан унарел лъалкӏал гӏумруялъулъ нахъе тарал ва гьелдалъун цогидаздаса тӏубанго батӏиял. Гӏумруялъулъ нилъеда дандчӏварав щивав чияс нилъер рекӏелъги тола лъалкӏ, дунялалда нилъ ругебгӏан мехалъ кӏочон толареб. Гӏедегӏун унеб гӏумруялъул батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназул, хиса-басиязул заманалда нилъеда гьел ракӏалде щола ва кӏутӏбуз щурун абула баркалайилан.\nНилъеда тӏадаб буго гьединал гӏадамазул кӏванагӏан цӏикӏкӏун къимат гьабизе, кӏудияб баркалагун гьезул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял рекӏелъ цӏунизе, цӏидасан гьезул лъикӏал ишал нилъер беразда цере паркъолел ругел кинигин. Руго гӏадамал жидер гӏумруялъул лъалкӏаз нилъ битӏахъе хӏикмалъизарулел, гьединазул заманалда, гьезда цадахъ гьаб ракьалда гӏумру гьабизе рес къисматалъ сайгъат гьабун букӏиналдаса нилъ рохизеги чӏухӏизеги кколел.\nДие гьединав чилъун вукӏана ва дир гӏумруялъул къоял ахиралде щвезегӏанги хутӏизе вуго Рилъаса Ахӏмад. Хӏакъикъаталдаги дун хӏикмалъизе гьавула гьесул букӏараб инсанасулаб гӏаданлъиялъги хъулухъ-ишалъулаб махщел-гьунаралъги. Мунагьал чураяв Ахӏмад дир рекӏелъа киданиги ине гьечӏо, гьев вукӏиндал гӏадамал бахилаб гӏамал-хасияталъул, гӏадамасул къварилъи-гӏатӏилъи бичӏчӏулев, ритӏухъав ва ракӏбацӏцӏадав чи. Дида ракӏчӏун абизе кӏола, Ахӏмадил гӏагарлъиялъулги, гьудул-гьалмагъзабазулги ва лъалел-хъвалезулги гьединабго пикру бугилан.\nГьале 12 сон тӏубана Ахӏмад Тӏинамухӏамадович Мухӏамадовасул гӏолохъанаб гӏумруялъул соназул рахсил гӏекӏ гӏасияб лъугьа-бахъиналдалъун тӏуралдаса…\nАхӏмад гьавуна 1962 соналъул 4 январалда Чӏарада районалъул Рилъаб росулъ, хӏажизабазул наслабазул хъизамалда, ичӏабилеб лъимерлъун, лъабабилев васлъун. Гьев гьавураб къоялъ инсул рохалие букӏинчӏо гӏорхъи, гьасул лъугьинин чиян кодовеги восун абуна инсуца, цо гӏумру бокьилаан гьав васасул щив чи лъугьунищали балагьизе. Гьесул эмен Тӏинамухӏамад вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи. Эбел Таибат йикӏана гӏадатияй, хӏеренай магӏарулай. Ахӏмадида цӏар тун букӏана гьесул инсул кӏудияв инсул хӏурматалда. Рилъаса цӏар арав гӏалимчи Ахӏмадхӏажи ХӀX гӏасруялда цӏалун вуго Гӏурада росулъ цӏар рагӏарал гӏалимзабазда цеве. Гьесул гӏумру ун буго мутагӏилзабазда гӏелму малъулаго. Гьев вукӏун вуго Гӏириб росулъ дибирлъун. Гьениве гьесухъе гӏелму цӏализе вачӏун вуго жиндир баркат щваяв Багинуса Шугӏайбапанди. Шугӏайб-апандияс «Тӏабакъатул Багини» абураб тӏехьалда хъвалеб буго жинда бищунго кӏвар бугел гӏулумал малъанила Гӏирив дибирлъун вукӏарав Рилъаса Ахӏмадхӏажи дибирасилан. Гьеб букӏун буго 1884 сон. Лъабго соналда жанир Ахӏмадхӏажиясда цере Багинуса Шугӏайбапандица цӏалун руго «Жамгӏул жавамигӏ», «Муназарат», «Гӏилмул вазгӏ», фикъгьи, хӏадисгӏелму, тафсир. Ахӏмадхӏажи хвана 1916 соналъ. Бицуна Ахӏмадхӏажиясул цо-цо караматазулги. Жиндир тухумалъул гьев цӏар рагӏарав гӏалимчиясул гӏумру кидаго мисаллъун букӏана Ахӏмадие.\nСоветияб Армиялда рагъулаб хъулухъги тӏубазабун, Ахӏмад Мухӏамадов лъугьана ихтиярал цӏунулезул идараялде, Советский РОВДялда ППСМалъул милиционерлъун хӏалтӏизе. Гьелдаса хадуб гьев цӏализе лъугьана Астраханалъул милициялъулаб гьоркьохъеб хасаб школалде. Гьебги лъугӏизабун, Ахӏмад хӏалтӏана милициялъул участкаялъулав инспекторлъун. 1991 соналда гьев ана уголовнияб розыскалъул оперуполномоченныйлъун хӏалтӏизе. Гьебго соналъ цӏализе лъугьана Россиялъул МВДялъул Ростовалъул тӏадегӏанаб школалде.\nЦо лъагӏалидасан Советский РОВДялъул нухмалъулез гьев тӏамуна уголовнияб розыскалъул кӏудияв оперуполномоченныйлъун. Цинги, кӏиго соналдасан гьев вахъана райотделалъул ОУРалъул начальниклъун.\n2001 соналъул июлалда Ахӏмад тӏамуна Ленинский РОВДялъул криминалияб хъулухъалъул начальниклъун. Гьеб хъулухъ гьес тӏубазабуна ункъо соналъ. Гьелдаса хадув, гьев тана цевеги жив хӏалтӏулев вукӏараб Советский РОВДялъул тӏолабго отделалъул начальниклъун. Гьеб хъулухъалда кӏиго соналъ хӏалтӏун хадув, Ахӏмад тӏамуна МВДялъул Дагъистан Республикаялда бугеб Уголовнияб розыскалъул управлениялул начальникасул хъулухъалде. Уголовнияб розыск букӏана МВДялъул идарабазде хӏалтӏизе лъугьа ралдасаго гьесие рекӏее гӏураб иш. Щун букӏана лъикӏаб хӏалбихьиги.\nКӏиго соналдасан полковник Ахӏмад вачана Махӏачхъала шагьаралъул УВДялъул нухмалъулевлъун хӏалтӏизе.\nХасго гьеб хъулухъалда гӏолохъанав полковникас бихьизабуна рекӏее бокьун жиндица тӏаде босараб захӏматаб, амма хӏурматияб ишалдехун тӏадегӏанаб жавабчилъи. Ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏиялъги хӏалбихьи соналдаса соналде камиллъулеб букӏиналъги гьесул бажари-гьунар цӏикӏкӏунеб букӏана. Аслияб жо, гьев вукӏана гӏадамазул ихтиярал цӏуниялъул идарабазда хӏалтӏизе вижарав гӏадинав хӏинкъикъай гьечӏеб, къвакӏараб гӏамал-хасияталъул офицер. Кигӏанго захӏматаб, хӏатта кьвагьа-гӏанхъиялде ккараб ахӏвал-хӏалалдаса живгоги цадахъ тӏадкъай тӏубазабулел идарабазул хӏалтӏухъабиги рорчӏиялъе ресал ургъизе бер къапичӏого къеркьезе нахъе къаларев вукӏиналъги къадру борхун букӏана Ахӏмадил. Хасал тадбирал байбихьилалде цебе гьес лъикӏаб хӏасил кколеб хӏалалъ хӏадурлъи гьабулаан. Ахӏмадица кидаго пайда босулаан гӏемерал соназулаб хӏалбихьиялдаса.\n2008-2009 соназда ДРялда бугеб Жанисел ишазул министерствоялъ ДРялда бугеб Россиялъул ФСБялъул Управлениялъгун цадахъ кӏвар бугел ва пайдаял тадбирал тӏоритӏана балъго хӏалтӏун терроралъулал ишал гьаризе хӏаракат бахъулел бандитазул къокъабазде данде ва гьел тамихӏалде цӏаялъе.\nМилициялъул полковник А. Мухӏамадов гӏахьаллъана Дагъистаналъул ракьалда бетӏер борхун, халкъалъул рахӏат хвезаби гуребги, чӏвайхъвеялъул нухде лъугьарал бандазул анцӏ-анцӏ кӏудиял къокъаби къватӏире загьир гьариялъе оперативиял планал хӏадур гьариялъулъ ва тӏокӏаб бетӏер борхуларедухъ тӏубанго тӏагӏинариялъулъ.\nГьединаб къагӏидаялъ, къойидаса къойидейин абизе бегьуледухъ цӏикӏкӏунеб букӏана къватӏисел пачалихъазул гӏарцулаб кумекалдалъун яргъид гӏуцӏарал бандитазул къокъабазде данде Ахӏмадил къеркьей.\n2010 соналъул 5 февралалда къаси гьел нахъегӏанал чӏвадарухъабаз къабихӏаб къасд гьабуна гьев гӏумруялдаса ватӏа гьавизе. Гьелъул хӏасилалда гьесул черхалда лъуна чанго гуллил ругъун, хвалдаса хвасарлъизе рес гьечӏеб хӏалалда лъукъ-лъукъун вугев гьев бахӏарчияв полковник Махӏачхъалаялъул больницаялда хвана. Гьеб балагьаб сордоялъ Ахӏмадида цадахъ къадаралде щвана гьесда цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал магӏарул гӏолохъаби: милициялъул кӏудияв сержант Хӏамзатов Гӏабдула (Гъуниб район), милициялъул кӏудияв сержант Сайгидмухӏамадов Хӏайбула (Гумбет район), мухъилав милиционер Хӏажимухӏамадов Шамил (Хунзахъ район). Аллагьас гьезул мунагьал чураги! Бетӏергьанас алжан кьун рази гьареги киналго!\nАхӏмад чӏвазе 2005 соналъги къасд гьабун букӏана такъсирчагӏаз, доб мехалъ гьев лъукъун ворчӏана. Ахӏмадида жиндагоги лъалеб букӏана жинда хадур лъугьарал гӏадамал рукӏин, жив чӏвазе бокьарал чагӏи рукӏин, амма хӏинкъи щиб жояли лъалев чи гьев вукӏинчӏо. Такъсирчагӏазде данде къеркьезе щибаб къойил хӏалтӏуде вахъунев чиясда гьеб кин лъалеб. Хӏинкъи лъалев чи гьев вукӏаравани, кинаб букӏинаан гьесул хӏалтӏул хӏасил? Гьев вукӏана кидаго цогидазул тӏалаб гьабулев чи, аскӏор ругезул тӏалабагъаз гьабулаан гьес кидаго. Гӏадамал рокьулеб гӏамал-хасияталъ гьев регӏичӏо жиндирго ургъел гьабизе.\nАхӏмадие цӏакъ хириял рукӏана хъизан-агьлу, гӏагарлъи, росу-жамагӏат, гьудул-гьалмагъзаби. Гьезул киназулго ракӏал лъукъана Ахӏмад ватӏалъиялъ. Гьалгощинал сонал аниги, рагӏабаздалъун загьир гьабизе бажаруларо Ахӏмад ватӏалъиялдалъун ракӏазулъе рещтӏараб пашманлъи.\nЯц Гӏайшатица гьадин ракӏалде щвезавулев вуго вац: «Ахӏмадида лъалаан гӏадамазулгун гӏамал рекъезабизе, гьитӏиназе кӏудиявлъунги кӏудиязе гьитӏинавлъунги вукӏине. Гьев гӏуна хӏеренавлъун, хӏалхьи лъаларевлъун, росдаего даим хӏалай ватулевлъун. Гьес кидаго эбел-инсул адаб цӏунулаан, гьезул малъа-хъваял дурусго тӏуразарулаан. Гьилиб росулъ школаги лъугӏизабун, Ахӏмад армиялде ана. Армиялдаса командирзабаз рачӏунаан гьединав вас гӏезавуралъухъ эбел-инсуе баркала кьурал кагътал. Ахӏмад армиялдаса щваравго, Махӏачхъалаялде милициялде хӏалтӏизе ана. Хӏалхьи лъаларев, тирияв, къвакӏараб ракӏалъул инсан вукӏана Ахӏмад. Кив хӏалтӏаниги, тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалев вукӏиналъ кӏвана Ахӏмадида жиндирго цӏарги къимат-къадруги цӏунизе, гӏадамазе хириявлъун, къиматавлъун вукӏине. Аллагьасеги ватаги гьев хирияв, Иншаллагь».\nЯц Гӏайшатица, Ахӏмад хвеялда бан, гьабураб кочӏодаса гьитӏинабго бутӏаги рехсезин гьаниб:\nМун нижей вукӏана рекӏараб цӏалъун,\nЦӏорорал ракӏазе хинлъаби кьолев.\nМун нижей вукӏана гъасда чирахълъун,\nЧорхол яхӏ хваразе къуват кьолевлъун.\nНакӏкӏукьан баккараб бакъул кунчӏилъун\nКунчӏана даимго дур цӏар нижее.\nБецӏаб сардилъ моцӏлъун гвангъана даим\nДагъистаналъего хӏурматияб цӏар\nАхӏмад нилъедаса ватӏалъи тӏолабго Дагъистаналъе лъугьана кӏудияб камилъун. Гӏолохъанго ана гьев абадияб рокъове, мухъилав милиционерасдаса байбихьун милициялъул полковникасул чиналъе мустахӏикълъизегӏан ихтиярал цӏунулел идарабазда хӏалтӏун щвараб хӏалбихьиялдаса пайдаги босун, гӏагараб Дагъистаналъул халкъ хӏалихьатал, къадарал къасабчагӏазул-чӏвадарухъабазул балагьал ишаздаса хӏинкъичӏого, хӏухьел цӏаялъе гӏоло жеги гӏемерал бахӏарчиял ишал гьаризе къуватги, гьунарги, махщелги щвалде щвараб ригьалда. Суал бачӏунеб буго сундулъго ракӏбацӏцӏадав, кьураб рагӏуе ритӏухъав, гӏадамаздехун рекӏелъ рокьи бугев, цадахъ хӏалтӏулезе мугъчӏвалеб сангарлъун лъугьарав, лъиениги къадараб иш гьабун, инсанасул ракӏ лъукъичӏев гьев чӏаго гьаб дунялалда вукӏиналъ лъиейин квал-квал гьабулеб букӏарабилан. Жаваб батизе жеги захӏматаблъун лъугьун буго гьадинаб суал: «Лъил «заказалда» рекъон хвалилал ругънал Ахӏмадил черхалда лъезе чӏвадарухъабаз квер борхараб?»\nНилъеца кидаго ралагьула жидеца «заказ» тӏубазабурал. Нилъеца ралагьизе ккола жалго рацӏцӏадаллъун хӏан, хӏал-зулмуялдалъун бугониги, ужрамухь кьун бугониги, цогидал гьусун тӏамулел хӏакъикъиял такъсирчагӏи. Гьединазе такъсиралде нухал къазе, гьел къватӏир чӏвазаризе, къануналда рекъон гьезие кьварараб тамихӏ гьабизе бажарараб мехалъ букӏине буго республикаялда гӏадлу-низам.\nЖакъа гьеб лъугьине ккола ихтиярал цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазда цебечӏараб аслияб масъалалъун. Гьединго гьелде кӏвар кьезе тӏадаб буго, гӏицӏго Дагъистаналъул гуребги, тӏолабго улкаялъулги тӏадегӏанал нухмалъулездаги, хӏатта кинабго жамгӏияталдаги.\nПачалихъалъе ва халкъалъе пайдаялъе гьабураб, гӏумруялъе хӏинкъи бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалалда бер къапичӏого, къуркьи гьечӏого ракӏбацӏцӏадго ва хӏалхьи-рахӏат гьечӏого гьабураб хӏалтӏулъ рихьизарурал тӏадегӏанал хӏасилазухъ, къанунал къвакӏизариялъулъ, гӏадлу-низам цӏуниялъулъ, такъсирчилъиялде данде бахӏарчияб къеркьей гьабиялъулъ ва жамгӏияб хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ милициялъул полковник Мухӏамадов Ахӏмад Тӏинамухӏамадовичасе кьуна Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏар.\nГьес нахъа тараб къокъабго гӏумруялъул нухалъул хал гьабураб мехалъ, нилъеда абизе кӏола Ахӏмад Мухӏамадов вукӏанин къвакӏарав, къуркьи гьечӏев, бихьинчияв ва къадарлъиги къабихӏлъиги рихарав, гӏадамалги жиндие хирияв, живги гӏадамазе вокьулев, жиндир лъикӏаб гӏамалхасият лъалелхъвалезе мисаллъун хутӏарав чи.\nМахӏачхъала шагьаралъул Советский РОВДялъул уголовнияб розыскалъул начальниклъун, Ленинский РОВДялъул криминалияб милициялъул начальниклъун, хӏатта Дагъистаналъул МВДялъул Уголовнияб розыскалъул управлениялъул начальниклъун хӏалтӏулев вукӏараб заманалдаги, гьев живго унаан такъсир гьабурал кквезе, гьезул дандечӏей къуркьизабизе жинда кӏвезе букӏиналда ракӏчӏун гӏахьаллъулаан киналго тадбиразда.\nА. Мухӏамадов вукӏана кьварарав, амма ритӏухъав офицер. Гьес бергьараб махщалида ва ракӏбацӏцӏадго тӏуразарулаан жинда тӏадал хъулухъалъулал ишал. Жеги гӏолохъанго Ахӏмад, Гӏадилгерейгун цадахъ, хӏалтӏана Советский РОВДялъул уголовнияб розыскалда. Гьезул букӏана божараб гьудуллъи. Щиб хъулухъалде жив тӏамуниги, гьес Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасдаса мисал босулеб букӏана. Нилъеда киназдаго лъала Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров кин хӏалтӏулев вукӏаравали, хасго гьев ДРялъул жанисел ишазул министрлъун тӏамураб заманалда. Ахӏмадги вукӏана министрас хъулухъалде хӏалтӏизе росаразда гьоркьов бищунго лебалав, таваккалав, тӏадкъараб ва тӏаде босараб масъала тӏубазабиялъулъ нахъе къай лъаларев чилъун.\nАхӏмад Махӏачхъалаялъул УВДялъул начальниклъун тӏамуралдаса хадуб гӏемерго лъикӏлъана шагьаралда милициялъулал постазул хӏалтӏи. Тӏоритӏулел рукӏана транспорталъулал такъсирал дагьлъизариялъе хасал тадбирал, милициялъул хӏалтӏухъабаз жидеда тӏадал ишал тӏуразариялда хадуб халкквеялде ва гьел тӏуразариялъулъ гьезул жавабчилъи цӏикӏкӏинабиялде кӏвар кьуна. Гьединаб кьварараб гӏадлунизам шагьаралда чӏезабиялъ ва ихтиярал цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазул хӏаракатчилъи борхиялъ такъсирчагӏазул рахӏат хвезабулеб букӏин бихьулеб букӏана шагьаралъул халкъалда.\nА. Мухӏамадовасул гьединаб къвакӏараб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏиялъ, халкъалъул ихтиярал цӏунизе тӏаде босаразул хӏаракатчилъиялъул хӏасилал цереялде дандеккун лъикӏлъана.\nЦо гьитӏинабниги лъалкӏ жиндир гӏумруялъул нахъе хутӏизе бокьарав чи вукӏине ккола ишалъулаб махщел-гьунар бугев, таваккалав ва кьураб рагӏуе ритӏухъав. Гьединав вукӏана Ахӏмад. Гьесул нухмалъиялда гъоркь тӏоритӏарал тадбиразул хӏасилалда кӏвана Махӏачхъала шагьаралда такъсирчилъиялъул карачел гьулчизе гьукъараб ахӏвал-хӏал лъугьинабизе.\nГьелде тӏадеги Ахӏмад вукӏана унго-унголъун гӏагараб Ватӏаналде ва халкъалде рекӏелъ кӏудияб рокьи бугев, жиндир тӏолабго махщелги, бажариги, гьунарги кьун гӏумру-яшав лъикӏлъизабиялъе хӏалтӏулев, гӏемерго гӏадатияв, ритӏухълъиялъул байрахъ тӏолабго гӏумруялъ борхатго ккурав чи.\nГьесда кӏолаан мекъаб нухдасан унесда битӏахъе бадибе, гьедин хьвадани дур гӏумру гӏадада хвезе бугин, халкъалда гьоркьоб къиматги дур букӏине гьечӏин абизе. Гьединав вукӏиндалин Ахӏмадил къиматги къадруги борхун букӏараб.\nМВДялъул ДРялда бугеб музеялъул начальник, милициялъул подполковник Мурад Мурадхановас гьесул хӏакъалъулъ хъван буго: «Ахӏмадил гӏемерго халат бахъинчӏеб тӏолабго гӏумруги хъулухъалъулаб хӏаракатчилъиги аслияб къагӏидаялъ бухьараб букӏана криминалияб милициялъул хӏалтӏуда, уголовнияб розыскалда. Чанго соналъ хӏалтӏана МВДялъул ДРялда бугеб УУРалъул начальниклъун. Гьев къеркьана уголовнияб такъсиралде, бандитизмалде ва терроризмалде данде, къануналъул нух къабуллъуларезул квердасан гӏумруялдасаги ватӏалъана. Гьединлъидал гьесул цӏар машгьураблъун ва хвел гьечӏеблъун лъугьана»-, ян.\nАхӏмад вукӏана намус-яхӏалда хӏур хъвазе течӏого, гӏаданлъи-чилъиялъул рачел чучизе биччачӏого гӏумру тӏамурав, рекӏелъ ракьа бугев, кьварарав чи. Гӏумруялъ бихьизабулеб буго гьединал гӏадамал гӏемерисеб мехалъ жидер таваккаллъиялъул, хӏинкъи-къай гьечӏолъиялъул къурбаналлъун лъугьунеблъи. Гьесул гӏагараб Рилъаб росдал гӏадамал анкьумумузул заманалдаса нахъего рикӏкӏуна бахӏарчилъиги бихьинчилъи чорхолъ бугеллъун, чияе рокьи кьолареллъун. Гьеб росдал харабаз гӏолилал куцала магӏарул гӏамал-хасият рехун толареллъун, лъикӏаб цӏар-реццалъе мустахӏикъаллъун лъугьине. Умумузул нухдасан галаби цере тӏамуна Ахӏмадицаги.\nГьединаб гӏамал-хасият гьесие насиблъун букӏана тӏадегӏанав Аллагьасдаса. Ахӏмадица кидаго къадру-къимат гьабулаан росдал гӏадамазул, гьезул гӏадат-гӏамал мисалъун букӏана гьесие. Гьев вукӏана гьитӏинго магӏарухъ лъадарарав, захӏмат-къварилъиялдаса нахъе къаларев бихьинчи.\nМунагьал чураяв Ахӏмадил цӏар кьуна гӏагарлъиялъул, гьудул-гьалмагъзабазул батӏи-батӏиял миллатазул, анцӏ-анцӏ гьарурал лъималазе Дагъистаналда ва цогидал республикабазда.\nАхӏмадил вацгӏал машгьурав шагӏир Шагьрудин Мухӏамадовас Ахӏмадил хӏакъалъулъ хъвана гьадинал мухъал:\nЗар бакӏав вукӏана мун\nХӏалихьаталщиназе,\nХӏалимавги вукӏана\nМагӏарул яхӏ ккуразе.\nДагъистан Республикаялъул жанисел ишазул министрлъун хӏалтӏарав Гӏали Гӏалиевич Мухӏамадовас ракӏалде щвезабулеб буго: «Бихьинчияв, рагӏуе ритӏухъав, хӏалтӏизе бажари-махщел ва лъай бугев, хъулухъалъ эхеде вахине рес бугев Ахӏмад Мухӏамадов лъугьун вукӏана цадахъ хӏалтӏулезе мисаллъун, ва гьебго заманалда такъсирчагӏазе бищунго цӏикӏкӏун хӏинкъи кьолевлъун. Гьев гӏумруялдаса ватӏалъи лъугьана Дагъистан Республикаялъул Жанисел ишазул министерствоялъе бицун хӏал кӏоларебгӏан кӏудияб камилъун. Нижее камуна лъикӏав гьудул ва гьайбатав инсан».\nШколалда Ахӏмадил вукӏарав мугӏалим, гьанже Чӏарада районалъул Цадахъ росдал администрациялъул бетӏер Нажмудин Мухӏамадовас гьесул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Дир гӏумруялда жанив дун гӏемер дандчӏвана тӏадегӏанал хъулухъазда ругел гӏадамалгун ва чӏахӏиял хӏакимзабигун, амма дида кӏоларо гьезда гьоркьоса цонигияв гӏадамазе бажарараб кумек гьабизе кидаго хӏадурав вукӏиналъул, тӏаде вачӏарасул къваригӏел ракӏ разилъун тӏубазабиялъул, чиясул къварилъигӏатӏилъи бичӏчӏиялъул рахъалъ Ахӏмадида релълъарав вукӏанилан абизе. Гьаб ракьалда вижарав къанагӏатав чиясулъ гурони батуларо гьединаб гӏамал-хасият.\nДунги ва нижер гӏемерал гьудулзаби ги гӏажаиблъизе ва хӏикмалъизе гьарулаан гӏумруялъ жиндаса цӏикӏкӏараздехун, гӏагарал гӏадамаздехун, мугӏалимзабаздехун Ахӏмадил букӏараб гьоркьоблъиялъги. Унго-унголъунги гьеб букӏана ракӏ лъикӏав чиясул рахъалдаса нижер ракӏазулъе рохелги хинлъиги лъугьинабулеб гьоркьоблъи. Чӏахӏиял, тӏадегӏанал хъулухъазде тӏамуниги, Ахӏмадил гӏамал-хасият хисичӏо, гьев кидаго магӏарул яхӏ-намусги къадру-къиматги цӏунун хьвадана.\nАхӏмадил киданиги рекъел букӏинчӏо къадарлъи-къабихӏлъиялъулгун, хасго хиянатчилъиялъулгун. Гьесие цӏакъ рокьулаан гьудул-гьалмагъзаби, гьезги кутакаб къимат гьабулаан гьесул. Гьесул гӏамал-хасияталъулъ аслияллъун лъугьун рукӏана бихьинчилъи, таваккаллъи, хӏинкъи гьечӏолъи ва ракӏбацӏцӏалъи. Гьединлъидал, цадахъ хӏалтӏулезда ва тӏадехун ругел хӏакимзабазда гьоркьоб гьесул къадру борхун букӏана».\nЦадахъ хӏалтӏулев вукӏарав гьудул Ахӏмад Мухӏамадов гьадин ракӏалде щвезавулев вуго Россиялъул Бахӏарчи, генерал-майор Мухӏамад Багӏачиловас: «Ахӏмад кинав чи вукӏаравали бицине бигьалъула, щайин абуни, гьев вукӏана ракӏ рагьарав чи. Гьев вукӏана унго-унгояв бихьинчи, бахӏарчияв, гӏелму-лъай камилав, гӏакъилав, жиндир ишалъе махщел-гьунар бугев, нухмалъиялъе бажари бугев, ракӏ хӏеренав, хӏикматав инсан. Гьаниб тӏаде жубачӏого гӏоларо гьудуласе гӏоло гӏумру кьезе хӏадуравги вукӏанилан. Гьелъие мисал рехселин. Къануналда данде кколаредухъ яргъид гӏуцӏаразул къокъаялъ дир гӏумруялъе хӏинкъаби кьолел рукӏин лъараб мехалъ, Ахӏмадица живго цӏунулезул къокъаялда гьоркьоса гӏолохъаби ритӏулел рукӏана хӏалтӏудеги нахъеги унелъул дун цӏунизе.\nАхӏмад халкъалъул рекӏелъ кидаго хутӏила, гьес аслияб къагӏидаялъ хъулухъ гьабулеб букӏана жиндир гӏагараб халкъалъе гӏоло».\nГьесда цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав божарав гьудул полковник Мустангер Муминовас гьадин ракӏалде щвезавулев вуго Ахӏмад: «Гьесул лъикӏаб хасиятлъун лъугьун букӏана гьудулзабазда хурхараб ишалъе ритӏухълъи. Гьесие хасиятаб букӏана цогидазул пикруялъухъ гӏенекки, гӏодове виччан сабруялда чӏей. Амма намус-яхӏалда, тӏадаб налъиялда, ритӏухълъиялда хурхараб иш бугони, танк гӏадин тӏаде ун, гьев гӏодовуссинавизе кӏолеб сангар букӏинчӏилан кколаан, хӏатта жиндир гӏумруялъе хӏинкъи бугонигицин. Жиндирго гьудулзабазда хурхарал масъалаби тӏуразаризе заман кидаго батулаан Ахӏмадида». Нухмалъулев хӏисабалда Ахӏмад Тӏинамухӏамадовичас жиндаго цадахъ хӏалтӏулезул адаб-хӏурмат гьабулаан кинаб ахӏвал-хӏалалде ккананиги, гьединлъидал гьезда гьоркьоб гьесул къадруги борхун букӏана. Гьезие гьев лъугьун вукӏана жидеда лъайгӏакълу малъулев мугӏалимлъунги. Ахӏмадица гьезул щивасул кинаб махщел-гьунар бугебали, сундуе гьев ярагьуневали лъазе тӏалаб гьабулаан ва гьелда рекъараб тӏадкъайги кьолаан. Гьес жигар бахъулаан тӏадкъараб иш бергьенлъиялда тӏубазабизе. Ахӏмадил гьунар букӏана цебе лъураб масъала лъикӏаб хӏасилгун тӏубазабизе. Гьес хӏаракат бахъулаан гӏиси-бикъинаб гӏилла сабаблъун хӏалтӏухъаби какичӏого, гьез тӏуразаризе ккарал масъалаби берцинго ричӏчӏизаризе.\nГьадин хъвалеб буго Ахӏмадил хӏакъалъулъ гьесда цадахъ хӏалтӏулей йикӏарай, ДРялъул МВДялъул хъулухъалда тӏоцее полковникасул чиналъе мустахӏикълъарай чӏужугӏадан Акамова Кавсарат Алмакъсудовнаялъ: «Ахӏмад Тӏинамухӏамадович вукӏана магӏарулазул анкьумумулъанго рачӏарал лъикӏал гӏадатазда куцарав ва тарбия щварав гӏолохъанчи. Хасго цӏикӏкӏараб гӏелалъул гӏадамаздехун адаб-хӏурмат цӏунарав вукӏана, хъулухъалъги чиналъги тӏадегӏанав вугониги. Дир хӏалтӏул нухмалъулевлъун тӏоцеве лъугьаралдаса нахъе жив чиналъ ва хъулухъалъ эхедегӏанав вукӏунин абун, гьес гӏамал кӏодолъи бихьизабичӏо. Гӏемерал цогидал хӏакимзабазулъ дандчӏвалеб гьеб «гӏузру» Ахӏмадил чорхолъ букӏинчӏо. Гьесул кабинеталде жанибе дица гали бегьидал, гьев жиндирго бакӏидаса тӏаде вахъун диде данде вачӏунаан. Цо къоялда жаниб анцӏго нухалъ дун жиндир кабинеталъуе лъугьаниги, данде вачӏун хӏурмат гьабулаан гьес. Цо кинаб бугониги масъала дандбазе ячӏун йигони, дун тӏойитӏизеги тӏаде вахъунаан гьев. Дидехун къваригӏел бугони, телефоналдасан дун жиндихъего ахӏулароан, живго вачӏунаан дир кабинеталъуве.\nДир рукӏана гӏемерал начальникал. Амма Ахӏмад гӏадинал рукӏинчӏо гьел. Гьесул гӏамалхасияталъулъ бессун букӏана тӏоцебе жиндехунго, хадуб цогидаздехунги тӏалабчилъи, адаб-хӏурмат, хӏажатасе кумек-квербакъи гьаби, хӏалтӏулъ ва гӏумруялъулъ цогидалгун цадахъ рекъей, сахаватлъи ва ракӏбацӏцӏалъи. Гьес дида гьарулаан нилъеда цадахъ хӏалтӏулезул рокъоб къварилъи букӏин дуда лъани, жинда бицейин, жинца гьеб къварилъиялдаса гьел рорчӏизаризе хӏаракат бахъилин. Берталъе ине кколев вугониги, зигараялъ ине кколев вугониги, жинда ракӏалде щвезабизе кӏочон тогейиланги абулаан. Гьедин, цадахъ хӏалтӏулезул гӏумруялъулъ гьес тӏалаб-агъаз гьабичӏого щибниги хутӏун батиларилан ккола.\nЖидерго налъи тӏубалаго гӏумруялдаса ратӏалъарал полициялъул хӏалтӏухъабазул эбел-эмен, къороллъуда хутӏарал руччаби, кинаб къваригӏелалъ Ахӏмадихъе рачӏаниги, гьезул мурад тӏубазаби лъугьун букӏана гьесие аслияб масъалалъун. Гьединго гьес цӏикӏкӏараб кӏвар кьолаан Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъарал ветераназул, пенсионеразул ва жинда цадахъ хӏалтӏулел ругезул тӏалабал тӏуразариялдеги. Гьедин Ахӏмад Тӏинамухӏамадович вукӏана нижее сундулъго мугъ чӏвалеб сангарлъун».\nГьанибго абизе ккола, Ахӏмад вукӏанин тӏадчӏун ва кӏвахӏ гьечӏого живгоги хӏалтӏулев ва хӏалтӏухъабазе нухмалъиги гьабулев офицерилан. Жиндирго мисалалдалъун гьесда кӏолаан цадахъ хӏалтӏулезул хӏаракатчилъи борхизабизе. Чара къосараб хӏалалдасагицин живгоги цадахъ хӏалтӏулелги рорчӏизаризе гӏакълуги къуватги гӏезе бугин жидер начальникасулин божун рукӏунаан гьел.\nАхӏмад вукӏана гӏадамазда гъорлъ восарав, рагӏиги камилавин, каламги гьуинавин абун къимат кьезе мустахӏикъав чи. Гьесда кӏолаан цадахъ хӏалтӏулезул жиндехун бугеб божилъи цӏикӏкӏинабизе, жидерго хӏалтӏудехун гьезул гъира базабизе. Ахӏмадица хъулухъалъулаб амру-буюрухъ хӏалтӏухъанасул ракӏ лъукъулареб, жив гьездаса тӏадегӏанав вукӏин загьирлъизе толареб хӏалалъ хӏеренго, гӏодовиччан кьолаан.\nКъокъго бицани, Ахӏмад Тӏинамухӏамадович вукӏана цадахъ хӏалтӏулездаги, тӏадехунисел хӏакимзабаздаги цебе жиндирго къадру-къиматалъул байрахъ борхатго ккурав инсан. Гьединлъидал гьев гӏолохъанго гӏумруялдаса ватӏалъи кӏудияб камилъун лъугьана гьесул гӏагарлъиялъе, гьесда цадахъ хӏалтӏаразе, гьудул-гьалмагъзабазе ва гьев лъалев вукӏанщиназеги. Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи Ахӏмад Тӏинамухӏамадович Мухӏамадов гӏемерал соназ хутӏила гьезул рекӏелъ ва гьесул бахӏарчияб гӏумруги гӏасрабаз мисаллъун хутӏила халкъалъе!\nМухӏамад Ибрагьимович МУХӏАМАДОВ, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор"}
{"slug": "15793-chvakhe-magiarul-kechi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15793-chvakhe-magiarul-kechi", "title": "Чвахе, магӏарул кечӏ", "date": "2022-02-03 11:58:27", "categories": ["lit"], "text": "Некӏогоялдаса урхъун йикӏана унго-унгояб магӏарул кочӏохъ. Ва рекӏелъ гьеб хӏасратаб урхъигун къабул гьавуна дица газеталъул иргадулав гьобол Дагъистаналъул мустахӏикъав артист, Чӏарада районалдаса Гӏумар Тахиев. Чӏарада районалъулги магӏарул кочӏолги бугеб гьоркьоблъиялъулги магӏарулазда лъала. Гьенив кечӏ ахӏуларев чи ватиларин абунигицин мекъиги ккеларо. Магӏарул унго-унгояб кечӏ тӏирщизеги тӏегьазеги киналго шартӏал руго гьенир. Рорхатал мугӏрулги, берцинаб гӏидраги, мугӏрузул каранда угьарал сухъмахъалги, гьел сухъмахъалккун мугӏрул ахалъуде чвахунго чвахун унел лъаралги, лъабго гӏор цолъун лъугьараб магӏаруллъиялъул квацӏиги. Гьеб квацӏулъ сверухълъиялдаго нур базабулеб цо тӏегьги – магӏарул кочӏол чӏор. Гьеле гьеб чӏоралъулъ буго Гӏумарил кочӏол гвангъиги.\nГӏУМАРИЛ КОЧӏОЛ РОЦЕН\nЩивав кочӏохъанасул букӏуна халкъалда жив ракӏалда чӏолеб цо хасаб кечӏ. Дидаги лъалаан Гӏумар «Гӏолохъанай цыганай» абураб кочӏодалъун. Тӏоцебе гьеб ахӏулеб рагӏараб мехалда, рекӏее гьабун букӏараб асар жакъаги гьулчун бачӏана, Гӏумар кабинеталъуве лъугьун вачӏиндал.\n— Унтун вукӏинчӏевани, кечӏги ахӏилаан-, иланги абун, махсараги гьабуна гьес.\nГьавуна Гӏумар Хӏурухъ росулъ. Школалда цӏалулеб заманалдаса нахъе гӏахьаллъана районалда ва республикаялда тӏоритӏарал музыкалиял конкурсазда, фестивалазда. Кида ва кин бижараб магӏарул кочӏоде рокьийилан Чӏарада районалъул чиясда гьикъи гӏададисебги букӏинарищха.\nГӏумарил кочӏохъ гӏенеккидал, хъатиниб лъураб гӏадин, цебе рещтӏуна магӏаруллъи. Чвахун бачӏунеб магӏарул кочӏолъ рихьула рорхатал мугӏрузул тӏогьаздасагицин тӏадегӏанлъиялда ругел магӏарулалги. Черхалда дагьабниги сири балеб гьечӏони, гьеб кечӏ гурин абула магӏарулаз. Буго Гӏумар Тахиевасул кочӏолъги цохӏо жиндиего хасаб берцинлъиялъул гогьар. Гьеле гьеб гогьаралъухъа бажарана магӏарул кочӏода гӏажаибаб расен угьизе. Цин пандрида, цин аргъаналда ракӏ-ракӏалъ ахӏулеб кечӏ рагӏидал, бичӏчӏула гьесул кочӏол роцен тӏадегӏанаб даражаялда букӏин. Гӏагараб халкъалъ кочӏое чӏвалеб хъат- гьеле гьесул кочӏол багьа. Киназего гуребха гьединаб талихӏги гьимулеб.\n2000-2014 соназда Гӏумар хӏалтӏана гӏагараб районалъул Культураялъул рукъалъул методистлъун. Гьелгощинал соназги щулалъулеб букӏана Гӏумарилги магӏарул кочӏолги бухьен. Кив гӏахьаллъаниги, кивехун аниги – киса-кирего шапакъатал, бергьенлъаби…\nЖакъа чӏаго бугеб ва даим чӏаго букӏинеги бугеб магӏарул кочӏолъ руго Гӏумарил кочӏол расеналги. Гьелъул буго жиндирго къиса. Гӏумар Тахиевасул кочӏол къиса. Гьединабго талихӏаб къисматги.\nКОЧӏОЛАБ ЧӏАРАДАГИ» ГӏУМАРИЛ КЕЧӏГИ\nЛъидаха лъалареб чӏарадисезул машгьураб бихьиназул хор. Унго-унголъунги, рекӏее лъугьунеб лазат, ретӏун миллияб парталгун магӏарул гӏолохъаби цере рачӏиндал.\nАхӏулеб буго кечӏ магӏарулаца. Ахӏулеб буго ракӏ-ракӏалъ, магӏаруллъиялдеги магӏарулаздеги рокьиги загьир гьабулаго. Гьеб хӏасратаб сипаталъ, гьайбатлъиялъ, чӏухӏадго свериги бахъун, тӏавап гьабула гӏагарал мугӏуруз тӏогьазда. Гьеле гьеб борхалъиялда буго жакъа Гӏумарил кечӏги.\nГӏуралго соназ хӏалтӏулев вуго Гӏумар Тахиев Авар театралда цебе бугеб «Кочӏолаб Чӏарада» ансамблялда.\nКЕЧӏ- ДИР КӏИАБИЛЕБ ХӏУХЬЕЛ\n-Бокьула дие магӏарул кечӏ. Гьеб буго дие кӏиабилеб хӏухьеллъунги. Амма гӏагарлъиялъги лъималазги абулеб буго, саналги ран ругин, кечӏ тани, лъикӏаб букӏинилан. Диналъе дандекколеб жо гурин кечӏилан цо-цояз абидалги, цо-цо мехалда уяб жойиланги ккола, цо-цо мехалда, дидаго лъачӏого, кочӏол гъумутакье ккун ватула. Битӏун бицани, дие кечӏ букӏана гӏумруялъго гьудуллъунги къисматалъул расенлъунги. Дир кечӏалъ гӏадамазе рохел гьурщулеб батани, гьебги ккола дие талихӏлъун. Цогидазе талихӏ гьурщи – гьеб гурищ нилъер талихӏги-, ян абуна Гӏумарица.\nАхӏула Гӏумарица пандридаги, мандолинаялдаги, гьединго аргъаналдаги. Щибаб музыкалияб алаталъулги гьелда цадахъ гӏодулеб яги бохулеб щибаб къисмат, щибаб къиса, щибаб хатӏ. Гьелде тӏадеги гьес пулеб буго зурма. Дица цее чӏезаюлей йикӏана зурмихъе кьурдулей дунго. Амма битӏун бицани, зурмихъе хӏатӏал росизе лъалеб батичӏо. Ругелдай гьанжесел гӏолилазда гьоркьорги гьединал.\n-Дир инсуда лъалаан зурма пуйзе. Гьеб махщел диеги ирсалъе щвана. Амма пайда щибха – гьанжесеб гӏелалда гьеб кӏочонеб буго. Гьечӏо гьел къанагӏатаблъун лъугьун бугеб гьеб махщалие гӏолилал куцалелги, гьезие жидеегоги гьелъул ургъел гьечӏо. Кинабго цебе тӏолеб буго жакъасеб миллияб маданияталда.\nАмма миллияб музыкалияб алатлъун кколеб зурма щаялиго кӏочонеб буго. Ахиркъадги гьеб хутӏила музеялда. Цо дагьаб заманалдасан бицине батила нилъеца хадусел гӏелазе гьале гьаб музыкалияб алаталда зурмайилан абула, гьалъул бакъназухъе кьурдулаан церейилан. Лъицаха гьезда бихьизабилеб зурмил лазатги берцинлъиги-, ян бицана Гӏумарица.\nБитӏараб буго Гӏумарил пикру. Щай бегьулареб искусствабазул школазда зурма пуйзеги, гьелда гъоркь кьурдизеги малъизе бегьулареб.\nГӏумарилгун гара-чӏвариялда, бокьун букӏана гьесухъ цо лахӏзаталъ, гьес ахӏулеб кочӏохъ гӏенеккизе. Щаялиго дир хьолбохъ рещтӏана «гӏолохъанай цыганай». Бокьун букӏана гьелъ дир къисматалъеги пал тӏамизе…\nАхӏула Гӏумарица Хӏамзатил Расулил, Хӏажи Гъазимирзоевасул, Залму Батировалъул, Залму Мухӏамадовалъул ва цогидал шагӏирзабазул рагӏабазда.\nНУХ БИТӏАГИ, ГӏУМАР, ДУР ГЬУНАРАЛЪЕ\nГьал гӏагарал къояз Гӏумар Тахиевасе щвана «Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав артист» абураб цӏар. Гьеб буго кочӏохъанасул махщалие кьураб къимат. Нух битӏаги, Гӏумар, дур гьунаралъе. Биччанте чвахизе дур кечӏ, гӏагарал мугӏрузде бугеб рокьул саламги босун.\nБиччанте гьеб цолъизе тӏабигӏаталъго мугӏрул каранда угьарал росабазул щибаб рокъоб дур кочӏода батизе бугеб хинлъигун.\nХасаб музыкалияб лъай гьечӏониги, магӏарул кочӏол улкаялда жиндирго си барав, кинаб хӏалтӏуда вугониги, кечӏалъ жиндихъего цӏарав кочӏохъабаздалъун бечедаб Чӏарада районалдаса Гӏумар Тахиевасги жиндирго гвангъараб лъалкӏ толеб буго миллияб музыкалияб маданияталда.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15796-zakhimatal-l-adararav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15796-zakhimatal-l-adararav", "title": "Захӏматалъ лъадарарав", "date": "2022-02-03 12:12:26", "categories": ["insan"], "text": "Гьабсагӏаталда Дагъистаналда вуго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул 37 ветеран. Руго районал гьезул къадар цӏакъго дагь бугел, руго цониги ветеран хутӏичӏелги. Гъуниб районалдайин абуни вуго 2 ветеран — Сугъралъ росулъа Хӏажи Гӏинчилов (98 сон) ва Бухтиб росулъа Тӏагьир Тӏагьиров (104 сон).\nГьал къоязда ниж щвана Махӏачхъала шагьаралъул Хушет поселокалда гӏумру гьабун вугев Тӏагьирихъе. Тӏагьирги гьесул лъади Тӏавус Идармачеваги данделъана 1957 соналда. Гьезул вуго кӏиго вас ва кӏиявгоги гӏумру гьабун руго Тула шагьаралда. Тӏавусицагун Тӏагьирица гӏумру гьабулеб буго жалГо бетӏергьанаб минаялъуб. Эбел-инсул тӏалаб-агъазалъе, магӏишат нухда бачиналъе моцӏгун бащдабгӏанасеб зама- налъ хис-хисун гьезда аскӏов чӏезе Тулаялдаса гӏебеде рачӏуна васал. Гьабсагӏаталда гьезда аскӏов вуго Насрудин. Тӏагьирил ригьги, кӏалъазе гьесие захӏмат букӏинги, бицараб бичӏчӏизе бигьалъулеб гьечӏолъиги хӏисабалде босун, гьесул хӏакъалъулъ баянал кьуна Тӏавусица ва Насрудиница. Гьез бицаралда рекъон, Тӏагьирил халатаб гӏумруялда жанир гӏунги тӏокӏ рихьулел руго ургъизе тӏамулел, щибаб заманалъул хаслъи бихьизабулел, гьанжесеб гӏелалъе божизе захӏматал хӏужаби. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьесда гьарзаго бихьун буго къварилъиги, захӏмалъиги, гӏакъубаги, ругьунлъун вуго гьел раччизеги, хӏехьезеги, гӏумруялда жиндирго нухги бакӏги батизеги. Магӏарухъ ругел гӏемериселго гӏадин, Тӏагьирил эбел-эменги рукӏун руго гӏадатияб магӏишаталда, гӏи-боцӏиги хьихьун. Амма гьездацин хъинтӏун буго хӏуригат ккун хадусел соназда кибго букӏараб ва лъицащиб гьабулеб бугебали бичӏчӏулареб ахӏвал-хӏалалъул гӏаркьел. Тӏагьировазул рокъоре рачӏарал «багӏаралищ», «хъахӏалищ» лъаларел аскарияз нахъе бачинехъин букӏун буго цо бугеб гӏака. Биччаларин чӏарай эбелалъул ботӏролъ тункӏил хъундагъ щвезабун буго цояс, гьеб бакӏалда гӏодой ккун хун йиго гьейги. Хадур тӏаде щварал росуцоязда ратун руго гӏодой ккараб хӏалалда йигей эбелги, гьелъул керен хахулев кӏиго сон барав Тӏагьирги, аскӏов эхетун гьесдаса кӏиго лъагӏелалъ кӏудияв вац Гӏумарги (гьев хвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда). Сунца борцунеб гьеб вахӏщияб хӏужаялъ гьабураб асар, лъураб ругъун? Щакаб жо, гьединаб роцен бати. Гьелдаса хадуб лъималазул тӏалаб-агъазги, рукъалъул хӏалтӏигун магӏишатги тӏаде босана инсуца (гьес тӏокӏаб гьабичӏо ригьин-цӏа) ва гьесул яцалъ. Тӏагьирил букӏинеселъе гьес лъуна щулияб кьучӏ – кьуна кьварараб тарбия, куцана хӏалтӏуде. Гьелде щвезегӏанги гӏумру гьоцӏолъун букӏинчӏониги, кӏиабилеб нухалъ къисматалъ гьев лъикӏаб хӏалалда цӏацӏана. Гӏахьаллъана 1939 соналда финазулгун букӏараб рагъда. Гӏорхъода хъулухъ гьабулаго гьениве ккарав Тӏагьир рагъда захӏматго лъукъана (чанго нухалъ борлъун букӏана кӏиябго махӏу) ва ккана асирлъуде. Госпиталалда финазул тохтурзабаз (гьезул гӏаданлъиялъулги махщалилги рахъалъ Тӏагьирил кидаго букӏана лъикӏаб пикру) гӏемераб хӏалги кьун сах гьавуна ва хадувккун витӏана рес бугев финасул магӏишаталда хӏалтӏизе. Лъикӏал шартӏазда, ругьунаб хӏалтӏуда вугониги гьес хӏехьечӏо асирлъи ва рес батана лъутизе. Амма, заманго иналде, гьев ккуна ва тӏад вуссинавуна лагералде. Заманалдасан Тӏагьир нахъеги лъутана ва гӏемерал лъугьа-бахъиназдаса хадув нахъеги ккана асирлъуде. Гьаб нухалда немцазухъе (гьеб мехалда байбихьун букӏана гьезулгун рагъ). Германиялда гьес хисана чанго концлагерь ва 1945 соналда гьев вукӏараб лагерь эркен гьабуна американаз. Гьез Ватӏаналде унгейин, хӏалхьуда тезе гьечӏин абулеб букӏаниги, асирлъуда рукӏарал гӏемерисез тӏаса бищана гӏагараб ватӏан, гьезда гьоркьов вукӏана Тӏагьирги. Тӏоцебесеб заманалда, ай 1947 соналде щвезегӏан вукӏана чӏунтараб Донбасс цӏи гьабиялъул хӏалтӏабазда. Цинги Дагъистаналде щведал, хӏалтӏулев вукӏана Бухтиб росдал колхозалъул учетчик- лъун. Чӏегӏернакӏкӏал раккана дагьаб нахъа. Цадахъ концла- гералда вукӏарав нилъер цо ракьцоясул баянал мухӏкан гьаризе жидерго идараялде хасал органаз ахӏарав Тӏагьирил цо хӏалтӏухъанасулгун ккана дагӏба-рагӏи. Дагьаб хӏалуциналде араб гьелъул хӏасилалда, тӏоцебе анлъго моцӏин абулеб букӏараб болжалги анлъго лъагӏалиде сверизабун, Тӏагьирие къотӏана туснахъ ва витӏана Сибиралде, магӏданал рахъулел бакӏазде хӏалтӏизе. Щибго тӏаса къотӏичӏого, анлъабго сонги гьениб бан, тӏад вуссана Дагъистаналде. 1957 соналда гьабуна хъизам, гӏемерал соназда батӏи-батӏиял идарабазда (Буйнакск, Махӏачхъала) хӏалтӏана бухгалтерлъун. Цӏикӏкӏараб ригьалда, хӏалхьиялда вугониги, ахирал соназде щвезегӏан щиб бугониги гьабичӏого чӏолароан хӏалхьиялда. Гӏемераб гӏакъуба бихьарав Тӏагьирил, гӏиси-бикъинал гӏузраби рукӏун гурони, гьечӏо захӏматал унтаби. Рагъда лъукъарал махӏабаз бизар гьавулев вукӏун ккана 85 сонил ригьалда Ветераназул госпиталалде. Тӏадежоялъе, гьенив гӏодовги ккун вегизе ккана дагьав халатккун. Гьелдаса нахъе унтун больницаялде ккун гьечӏо. Низамалда гьесухъе щола тохтурзаби, хал гьабула киналъулго. Рагъул гӏахьалчи вугониги, Тӏагьирил гьечӏо рагъулал шапакъатал, амма гӏемер руго хӏалтӏухъ щварал. Ветеран хӏисабалда гьесие чӏезабун буго пенсиядул 57 азарго гъурущ ва гьелде тӏаде, 2021 соналъул июнь моцӏалдаса нахъе щибаб моцӏалъ шагьаралъул администрациялъги кьола 20 азарго гъурущ.\nКинха гьесда кӏвараб гьаб ригьалде щвезегӏан берцинаб гӏамал-хасиятги мадараб сах- лъиги цӏунизе, сундулъ бугеб балъголъи? Гьеб суал кьедал, лъадуцаги васасги бицана гьеб бугин гьитӏинго лъураб щулияб кьучӏалъулги, инсул тарбиялъулги, захӏмат бихьун ва гӏумруялъго хӏалтӏун щвараб лъадариялъулги хӏасилилан абун.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "15808-shagiirasul-khiurulgiin-zalikhaj-dude-salam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15808-shagiirasul-khiurulgiin-zalikhaj-dude-salam", "title": "Шагӏирасул хӏурулгӏин, Залихай, дуде салам", "date": "2022-02-04 07:43:08", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "«Шагӏир херлъуларо, шагӏир холаро» — гьал рагӏаби дагьалги гӏагараллъун лъугьана, нижги хирияв, нижееги хирияв шагӏир, мунагьал чураяв Харахьиса Махӏмуд-Апандил гӏумруялъул гьудул Залихай редакциялде гьоболлъухъ ячӏиндал.\nТӏоцебесеб нухалда йихьулей йиго шагӏирасул рокьул асаразул аслияй герой, гьесул къисматалда жиндирго берцинлъиялъ гӏищкъул расенал угьарай хӏурулгӏин. Гӏажаибаб гогьаралъул сси жеги гьурмадаса лъугӏичӏей гьелъул берзул хӏоринир лъедолел ругин кколел рукӏана пашманлъиялъул карачелал. Жиндирго къисматалъул къираласухъ тӏолеб бугеб бухӏараб магӏуялъул лъугьарал.\nГьел лахӏзатаз цебечӏана шагӏирасул гӏодобе биччараб, кӏудияб сабруялъул лахӏзатаз даим гвангъизабухъе хутӏараб шагӏирасул сипат.\n— Щиб хӏалалда йигей, ракьцояй. Гьеле жакъаги вилълъанаха нужехъе гьоболлъухъ, — кида газеталде щваниги, дихъе щвечӏого унароан гьев. Бицана цо нухалда гьес жиндирго лъимерлъиялъул кьогӏаб къисматалъул къваридаб къисаги. Дица гьелдаса хадуб «Тӏаса лъугьа, дир вас», — илан абураб гьитӏинабго хабарги хъван букӏана. Гьеб бахъун букӏана газеталдаги.\nВа цо къоялъги вачӏана Махӏмуд-Апанди. Лъикӏ мехалда сихӏкъотӏунги чӏун, гьес абуна жинда гъоб харбилъ живго ватанила ва жиндаги ракӏалде кканила къиса хъвазе. Заманго иналде, гьеб къиса цӏалдолезухъеги щвана.\nГьитӏинго гӏумруялъ кӏудияв гӏезавурав, къисматалъ веэдичӏев, дунялалда бищунго хӏайранаб эбелалъул кочӏол лазат босизе щвечӏев гьесда ахир-къадги баун буго къисматалъ. Гьелъ шагӏирасе сайгъат гьаюна Залихай. Гӏумруялъул ахирисел къоял тӏаде гӏунтӏизегӏан, гьесда хьолбохъа ягъаричӏей хӏикматай хӏурулгӏин.\nРедакциялда тӏобитӏараб дандеруссинин абуни, сверана шагӏир ракӏалде щвезавиялъул тадбиралде.\nРакӏалдещвеялин абуни, рукӏана гӏемерал. Бицана гьесул хӏакъалъулъ Гӏумаханицаги, Зульфияцаги, Кавсаратицаги, Мухӏамадхӏабибицаги ва цогидазги. Бицана, релъулагоги, бицана пашмангоги.\nЩияй чӏужугӏаданалъул букӏуна кванил нигӏматазда гьоркьобги бищун гӏемер гьабизе бокьулеб квенги. Нижехъеги чӏобого ячӏун йикӏинчӏо Залихай. Гьелъ нижее гӏуцӏун букӏана магӏарул кванил нигӏматазул берцинаб тепси.\nМагӏарухъ бакъвазабураб гьанги гьелдаго цадахъ бакьги, батӏи-батӏиял тайпабазул гӏатӏахинкӏалги, магӏарул хурдузул чайги, тортал-пирогалги…\nШагӏирасул хӏурулгӏин, Залихай, (кӏиабилеб кьерда — квегӏиса квараниде ункъабилей) кӏудияб салам дуде газеталъул киналго хӏалтӏухъабазул рахъалдасан. Дуца цоги нухалда бихьизабуна шагӏирасул къисматалда чӏужугӏаданалъ толеб лъалкӏалъул гвангъиги гъварилъиги абадияб букӏунеблъи. Бичӏчӏана шагӏирасул хвел гьечӏолъиялъулъ чӏужугӏаданалъул бугеб кӏварги. Гьеле гьединай ятана мунги, нижер хӏурматияй Залихай. Нижее Махӏмуд-Апанди дагьавги кӏодолъана, магӏарул чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанлъиги, кӏодолъиги, шагӏирасде жеги бугеб хӏасратаб гӏишкъуги босун, мун ячӏиндал.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15880-kholeb-bugo-mugirul-chan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15880-kholeb-bugo-mugirul-chan", "title": "Холеб буго мугӏрул чан…", "date": "2022-02-10 12:48:22", "categories": ["tab"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана Лъаратӏа районалда бугеб заказникалда мугӏрул бисал холел рукӏиналъул хӏакъалъулъ суал.\nГьениб бицухъе, гӏансиял тӏеялда хӏинкъи бугеб ахӏвал-хӏалги букӏун буго гьеб мехалда заказникалда сверухъ. Амма гьебищ гьелъие гӏилла яги кинаб бугониги унти тӏибитӏийищали жеги мухӏканго абизе кӏоларо.\nГьезул, ай хварал бисазул къадарги цин 60, цинги гьелдасаги цӏикӏкӏун бугин хъвалеб буго социалиял гьиназдаги.\nГьединго Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Султан Хӏамзаевас ДРялъул прокуратураялде битӏун буго «Багӏараб Тӏехьалде» росарал мугӏрул бисал Лъаратӏа районалда хвеялда хурхун цӏех-рех гьабеян хъвараб гӏарза.\nАмма гьел бисал «Багӏараб Тӏехьалде» росун гьечӏин мухӏкан гьабуна нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Лъаратӏа заказникалъул кӏудияв инспектор Бадрудин Мусаевас. Жибго заказникалда гьезул къадар лъабазарго, тӏолабго республикаялда абуни 15 азарго бугилан бицана гьес. Букӏаниги, цадахъго гьебгощинаб къадар бисазул хвеялъ рахӏатхвезабулеб буго гӏадамазул.\n— Бадрудин, дур хӏисабалда, бисал хвеялъе гӏилла щиб букӏине бегьулеб?\n— Цӏоралдаса бахараб унтиян тола дица гьеб. Гьедин гӏадамалги холелъулха. Унтула, загӏиплъула. Гьебго жо хӏайваназулги букӏинарищха. Хасало гӏонсокье ккунги хола гьел. Бугониги, гьадин цадахъго, кӏудияб къадаралда бисал хвеялъул хӏужа букӏинчӏо нижер доба.\nБисал гурони, цогидал хӏайванал хун ратичӏо. Масала, багӏнасалги руго, ритӏучӏалги руго (гьезул гӏемерисел хасел тӏамизе Цӏоралдеги уна). Къамилухъ дир гьудуласул руго гӏиялъажал. Гьесги абуна гьезие щибго къварилъи гьечӏилан.\nХасало бацӏаз чӏвачӏогоги хутӏуларо бисал. Гьедин чӏварал жал ратилин тун рукӏана тӏоцере нижеца гьелги. Бащдал бацӏаз тӏутӏун, хӏанчӏаз кванан ругоан гьел. Хадусеб къоялъги ана балагьизе. Гьеб мехалдаги тӏутӏураб ункъо бис батана. Амма бацӏаз чӏванищ гьел хварал яги унтунищали лъазе кӏвечӏо. Лъабабилеб февралалдаги хвараб 14 бисалде тӏаде ккана ниж. Амма гьезда бацӏил кӏал хъван яги гулла щун гьечӏоан. Хӏанчӏазги тӏутӏурал бакӏалги рукӏинчӏо. Риххел щун букӏараб къагӏидаха бисазде – гьезда аскӏоса гӏебеде ратана риххалил мухъал.\nГьеб мехалда тӏубанго щаклъизе бачӏана цощина унтигицин тӏибитӏун гьечӏодай абун. Гьединлъидал нижеца гьелъул хӏакъалъулъ хехаб куцалда лъазабуна Махӏачхъалаялде, нижерго заповедникалъул нухмалъиялде (ФГБУ «Государственный заповедник «Дагестанский»). Гьенисан ритӏун рачӏана ветеринаралги оперативияб къокъаги. Гьез ва нижерго заказникалъул инспектораз росана хварал бисазул анализал. Россельхознадзоралде ритӏун ана гьел. Гьенисан Владимир шагьаралда бугеб лабораториялдеги ун руго — щибаб лагаялдаса цо-цо кесек.\nВетеринараз нижедаги сверухъ ругел росабазул гӏадамаздаги лъазабуна бисал хвеялъе гӏилла лъазабизегӏан, вореги, гьезда аскӏоре къагейин. Нагагь бахунеб унти батизеги рес бугелъулха.\nДида байбихьуда халлъана цо загӏипаб бис. Чӏаралъубго хутӏун букӏана гьеб. Амма букӏаниги, анцӏго метралъул манзилалъ дун аскӏове виччачӏо гьелъ. Кӏкӏалахъе тӏурун ана. Ахирги гьеб бацӏица чӏвалеблъи лъан букӏана дида. Гьедин чӏванги батана нахъисеб къоялъ. Хадуб жеги лъабго бисги бихьана дагьаб тӏадегӏан.\nСахаб мехалда гӏадамасухъе кквезе чӏолел жал рукӏунаро бисал, кутакалда тириял жал рукӏуна. Ралъдал гьумералдаса кӏиазарго метралъ тӏадехун бугеб бакӏалда гурони гъоб чӏоларо.\nГьанже гьел хвеялъе гӏилла загьирлъичӏого, нилъеца гьел бисазе гьабизе бегьулеб кумекги гьечӏо. Кьурабалъги хъитӏазулъги рукӏунел гьел кквезеги ккун укол гьабизе, дару кьезе санагӏалъиги гьечӏо, рукъалъул хӏайванал гурелъулха гьел. Гӏицӏго рии-риидал гьел хӏайваназе кьолеб хасаб цӏам букӏуна нижер, батӏи-батӏиял унтабазда данде чӏараб даруги гъорлъ бугеб.\n— Цереккун рукӏанищ гьединал хӏужаби?\n— Лъаратӏа рукӏинчӏо. 2018 соналда Къурущ росулъги, 2014 соналда Закаталаялдаги рукӏанилан рагӏана. Гьабсагӏаталда нижер доба тӏубараб заказникалда жанибги гьечӏо гьеб унти. Буго тӏасияб участокалда, Цӏоралъулгун гӏорхъода. Гуржиязулгун гӏорхъода гъоб гьечӏо. Чӏарада рахъалдехунги гьечӏо – кӏиго-лъабго къоялъ халгьабуна гъобаги.\n— Ахираб заманалда нилъер гьанир гьел бисал гӏемерлъулелищ ругел, дагьлъулелищ?\n— Гӏемерлъун руго гьел. Дун заказникалда хӏалтӏизе лъугьараб мехалда 1800 бетӏер букӏана гьезул. Гьабсагӏаталда лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун буго.\nФедералияб заказник букӏиналда бан, Лъаратӏа гьукъун буго бисазде чан гьабизе, амма Дагъистаналда цогидал бакӏазда гьелъие изну кьун буго. Республикаялда буго 15 азарго бис.\n— Кин гьел рикӏкӏун бажарулеб?\n— Махӏачхъалаялдаса, Нальчикалдаса, Майкопалдаса гӏелмиял хӏалтӏухъаби ритӏун рачӏуна гьел рикӏкӏине. Видеокамерабиги аппараталги росун, цо-цо кӏкӏалахъе чанго чиги ун, суратал рахъун, хадуб компьютералдасан хӏисаб гьабула хӏайваназул къадар кигӏан бугебали.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ."}
{"slug": "15883-2030-sonaldekhun-25-mln-daranchi-giela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15883-2030-sonaldekhun-25-mln-daranchi-giela", "title": "2030 соналдехун 25 млн даранчи гӏела", "date": "2022-02-10 12:57:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов гӏахьаллъана Россиялъул регионазда гӏиси-бикъинаб ва гьоркьохъеб даран-базар цебетӏезабиялъул суал гьоркьоб лъураб видеоконференц-бухьеналдасан тӏобитӏулеб букӏараб данделъиялда.\nГьединаб даран-базар гьабулел чагӏазул къадар 2030 соналдехун улкаялда 25 млн чиясде бахинабиялда тӏад хӏалтӏулел ругин бицана гьениб РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Адрей Белоусовас.\nЛъабго батӏияб проекталда рекъон, Дагъистаналъул даранчагӏазе кумекалъе 2021 соналда биччан букӏун буго 215 млн гъурущ."}
{"slug": "15884-giadamal-untizarural-ukh-giakia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15884-giadamal-untizarural-ukh-giakia", "title": "Гӏадамал унтизаруралъухъ – гӏакӏа", "date": "2022-02-10 13:00:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Буйнакскводоканал» МУПалъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев Гӏабдулвагьаб Шариповасда тӏад нусазарго гъурщил гӏакӏа къотӏана Буйнакск шагьаралъул судалъ.\nГъоркьиса январалда гьекъолеб лъеда гъорлъе ккараб чороклъиялдалъун чохьол унтиги бахъун, шагьаралъул больницаялде ккун вукӏана 162 чи. Гьелъие гӏайибиявлъун чӏезавуна Гӏ. Шарипов."}
{"slug": "15885-dakhkhaevasul-delo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15885-dakhkhaevasul-delo", "title": "Даххаевасул дело", "date": "2022-02-10 13:01:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "11 февралалда Махӏачхъалаялъул Кировский районалъул судалда байбихьизе буго Россиялъул УФСИНалъул ДРялда вукӏарав нухмалъулев Муслим Даххаевасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб делоялъул хал гьаби.\nЦин судияв унтун, цинги нугӏ вачӏинчӏого, нахъ бахъун букӏана гьеб.\nДаххаевасде гӏайиб гӏунтӏизабулеб буго гьес №9 колониялда туснахъалда вукӏарав кӏиго чи улбузухъе виччан вугин, гьединго жиндирго рокъоб ремонт гьабизе ункъо туснахъалда вугевги къватӏиве виччан вукӏун вугилан."}
{"slug": "15887-vuzal-e-bichcharab-90-mln-g-urushch-bik-iyalda-shchakl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15887-vuzal-e-bichcharab-90-mln-g-urushch-bik-iyalda-shchakl-i", "title": "Вузалъе биччараб 90 млн гъурущ бикъиялда щаклъи", "date": "2022-02-10 13:03:47", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул Советский районалъул судалъ 4 марталде щвезегӏан туснахъ гьавуна ДГТУялъул ректор Нурмухӏамад Суракъатов.\nРоссиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ гӏунтӏизабулеб гӏайибалда рекъон, 2015-2018 соназда студентазе стипендиялъеги вузалъул хӏалтӏухъабазеги бихьизабураб гӏарац гьесги ДГТУялъул цогидал хъулухъчагӏазги жидеего толеб букӏун буго (студентазул гъулбасалги жидецаго гьарун). Гьедин федералияб бюджеталдасан биччараб гӏарцуда гьоркьоса 90 млн гъурущ тӏокӏ гьабун бугин рикӏкӏунеб буго цӏех-рехчагӏаз.\nГьелде щвелалде Цӏех-рехалъул комитеталъ судалде битӏун буго ДГТУялъул вукӏарав кӏиго бухгалтерасда хурхараб материалги.\n«Суракъатовасде гӏунтӏизабулеб буго гьев жеги ректорлъун ккелалдего вузалда гьабураб цӏогьалъул гӏайиб. Гьев гьеб хъулухъалда тасдикъ гьавуна гӏицӏго 2020 соналъул марталда», — ян бицана газеталъе цӏар рехсезе разилъичӏев чияс."}
{"slug": "15890-shkoll-imalaze-avaragzabazul-tarikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15890-shkoll-imalaze-avaragzabazul-tarikh", "title": "Школлъималазе — Аварагзабазул тарих", "date": "2022-02-10 13:09:39", "categories": ["history"], "text": "Дагъистаналъул муфтияталъгун Гуманитарияб институталъ биччан буго школлъималазе «История пророков» абураб цӏалул тӏехь.\nГьелда цадахъго хӏалтӏулаб тетрадьги буго. Гьеб тӏехь бихьизабун буго гӏисинал ва чӏахӏиял классазул лъималазе.\nГьелда кьун руго Адам аварагасдаса байбихьун Мухӏамад аварагасде щвезегӏан Аварагзабазул тарих."}
{"slug": "15891-eks-premerasul-vasase-tsiidasan-sud-gabize-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15891-eks-premerasul-vasase-tsiidasan-sud-gabize-bugo", "title": "Экс-премьерасул васасе цӏидасан суд гьабизе буго", "date": "2022-02-10 13:12:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "9 февралалда Москваялда цӏидасан хал гьабизе буго Муртазагӏали Мажидовасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб делоялъул. Цеве ДРялъул хӏукуматалъул председательлъун вукӏарав Мухтар Мажидовасул вас ккола гьев.\nГъоркьиса июналда Москваялда присяжниял судалъ ритӏухъ гьавунги вукӏана Муртазагӏали Мажидов. Амма судалъул щаклъи ккун буго гьеб хӏукму битӏараб букӏиналда.\nМуртазагӏали Мажидовасде гӏунтӏизабулеб буго жиндаго цадахъ МГИМОялда цӏалулей йикӏарай гьесул йокьарай яс, Казахстаналдаса Томирис Байсафа хвеялъул гӏайиб. 2018 соналда общежитиялъул ункъабилеб тӏалаялдаса гъоркьеги йортун, лъабго анкьидасан хвана гьей. Цӏех-рехчагӏаз рикӏкӏунеб буго гордухъа къватӏие кӏанцӏиялде Мажидовас ккезаюнин Томирис Байсафа."}
{"slug": "15892-rfyal-ul-khiukumatal-ul-sertifikatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15892-rfyal-ul-khiukumatal-ul-sertifikatal", "title": "РФялъул хӏукуматалъул сертификатал", "date": "2022-02-10 13:15:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустиница гъулбасараб документалда рекъон, исана 36 дагъистаниясе щвезе руго жанир чӏезе рукъзабазул сертификатал. Гьелъие гӏарац биччалеб буго федералияб бюджеталдаса.\nГьедин, 27 сертификат (198 млн гъурущ) щвела радиациялъул авариязул хӏасилал тӏагӏинариялъулъ гӏахьаллъарал нилъер ракьцоязе.\nМикьго сертификат (34 млн гъурущ) щвела батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан жидеца гӏумру гьабулеб бакӏ рехун тезе ккарал чагӏазе. Цоги сертификат кьолеб буго Байконуралдаса цогидаб бакӏалде вахъунев чиясе."}
{"slug": "15893-nal-i-giemerl-ize-toge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15893-nal-i-giemerl-ize-toge", "title": "Налъи гӏемерлъизе тоге", "date": "2022-02-10 13:18:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Газпром Газораспределение Махачкала» гӏуцӏиялъ хитӏаб гьабулеб буго бухӏараб газалъухъ жиндир заманалда гӏарац кьезе хӏаракат бахъеян.\n«Къваригӏараб жо босизе тукаде ин ва гьединго рекӏадухъ гӏарац кьей гӏадаб жо буго нужеца газалъухъ гӏарац кьейги. Щибаб моцӏрол анцӏабилеб къоялдаса кватӏизе течӏого кьезе ккола», — ян абулеб буго гьезул хитӏабалда.\nЖиндир заманалда ялъуни кӏиго моцӏидаса цӏикӏкӏун заманалъ газалъухъ гӏарац кьечӏого тун батани, жидер ихтияр бугин гьев чи газалдаса махӏрум гьавизеян абулеб буго гьез. Мисалалъе, руго цо-цо цӏакъго чанкӏкӏарал гӏадамалги, чанго моцӏалъ кьечӏого тун, 100 000 гъурщил налъи хадуб бугелги."}
{"slug": "15894-20-million-khono-tsokhio-fermayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15894-20-million-khono-tsokhio-fermayal", "title": "20 миллион хоно — цохӏо фермаялъ", "date": "2022-02-10 13:20:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъагӏалида жаниб 20 миллион хоно хӏадурулеб цех хӏалтӏизе биччазе буго Буйнакскиялда. «Батырмуразаев» абураб фермеразул магӏишат буго гьениб. Гьениб рагьизе буго гьеб цехги.\nГьабсагӏат гьениб лъагӏалие хӏадурула 10 миллионгӏанасеб гӏанкӏудал хоно. Германиялдаса бачӏараб цӏияб оборудование рекъезабулеб буго гьабсагӏат цехалда. Гьелъул кумекалдалъун жеги 10 миллион хоно тӏадеги хӏадур гьабизе кӏвезе буго гьезул фермаялда. Гьелъул хӏасилалда Батырмурзаевазул фермеразул магӏишаталъ лъагӏалие кьезе буго 20 миллион гӏанкӏудал хоно.\nГьеб цӏияб хабаралдаса разиго вуго ДРялъул росдал магӏишаталъул министр Баттал Батталовги. Гьелъул кумекалдалъун ханаздалъун халкъ хьезабизе кӏвелин лъазабуна гьес. «Гьабсагӏаталъ нилъер республикаялъ лъагӏалие хӏадурула 200 миллион хоно, амма хӏакъикъаталдайин абуни, халкъалъ квание хӏалтӏизабулеб буго 900-950 миллионгӏанасеб гӏанкӏудал хоно. Гьелдаса бичӏчӏулеб буго 700 миллион хоно нилъер гьанибе къватӏиса баччулеб букӏин."}
{"slug": "15895-bakial-ulab-nukhmal-iyal-ul-tso-tso-tsiil-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15895-bakial-ulab-nukhmal-iyal-ul-tso-tso-tsiil-abi", "title": "Бакӏалъулаб нухмалъиялъулъ цо-цо цӏилъаби", "date": "2022-02-10 13:21:30", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Халкъалъ гӏемер бицунеб букӏараб «Халкъияб нухмалъиялъул цогояб низамалда бакӏалъулаб, жидецаго жидерго хӏакимлъиялъул ва цогидалги ишал тӏуразарулеб къагӏидаялъул нухмалъиялъул гӏаммал масъалабазул (принципазул) хӏакъалъулъ» абураб Федералияб закон тӏоцебесеб цӏалиялда къабул гьабуна Дагъистаналдаги. Россиялъул цо-цо субъектаздайин абуни гьеб законалда хурхун бакӏалда гьаризе кколел законалги къабул гьарун руго. Гьединлъидал нилъедаги цебечӏараб масъала буго, нилъерго хаслъабиги хӏисабалде росун, гьединаб, бакӏалда рекъараб, гӏадамазе данде кколеб закон кӏиабилеб цӏалиялдаги къабул гьабизе\nРоссиялъул киназего гӏаммаб гьеб законалъул аслияб масъала буго росдал муниципалитеталдасан байбихьун, Россиялъул президентасде щвезегӏан нухмалъиялъул гӏуцӏи цоцазе квалквал гьечӏеб букӏинаби, ай цо хъизамалда кӏиго бетӏергьанчи вукӏунгутӏизе.\nЗаконалъул гӏадамазе рекӏее гӏоларел, гьел разилъуларел бакӏазул цояб букӏана республикаялъул киналниги росабалъ хӏалтӏулел муниципалиял хӏалтӏухъаби хӏалтӏи гьечӏого хутӏизе ругилан абураб жоялъ бижизабураб. Хӏакъикъаталдайин абуни, иш гьедин гьечӏо. Рехсараб законалъул 14-абилеб статьяялъул кӏиабилеб пункталда хъвалеб буго «Бакӏалъулаб нухмалъиялъул идараялда, ай муниципалияб гӏуцӏиялда гьелъул представительнияб орган, гьеб гӏуцӏиялъул бетӏер ва бакӏалъулаб администрация букӏине ккей тӏадаб буго», – ян. Гьенир хӏалтӏулел гӏадамал хӏалтӏудаса эркен гьаризе бихьизабун гьечӏо, хӏалтӏи бажаруларев, жиндир хъулухъалъул къимат гьабуларев, гьабулеб ишалдехун хашаб бербалагьи бугел чагӏи хутӏун. Щайгурелъул муниципалияб хӏалтӏул хӏалбихьи бугел жавабиял гӏадамал жакъа республикаялъе цӏакъго хӏажат руго. Гьединлъидал гьаниб гьел хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо.\nСтаростайищха ялъуни\nбегавулищ?\nРехсараб законалда цоги цӏияб жо буго муниципалиял гӏуцӏабазда гӏамм гьабун абуни «староста» абураб хъулухъ бакки. Федералияб законалъ бихьизабулеб буго гьединаб цӏар гьеб хъулухъалде данде кколареб батани, республикаялъ жиндирго хӏалбихьиялде, тарихалде, гӏадамазул гӏадат-гӏамалалде данде кколеб, нужеего бокьараб цогидаб цӏар тейилан. Нилъеда лъала, 1813 соналда гьабураб Гюлистаналъул ракълилаб Къотӏи-къаялъул хӏасилалда Дагъистан Россияллъул къайимлъиялде ккун хадуб, нилъер букӏана имам Шамилица гӏуцӏараб Имаматалда бакӏалъулаб нухмалъи гьабиялъул нилъерго жамгӏияталъулаб къагӏида. Ракь бикьун букӏана наиблъиязде (наибство), хадуб — участкабазде, гьенирго рукӏана росдал нухмалъиялги. Гьединаб хӏал букӏана 1929 соналде щвезегӏан. Дол соназда росдал жамагӏат букӏана бакӏалъулаб нухмалъиялъул аслулъун. Лъагӏалида жаниб цо нухалда ахӏулаан жамагӏаталъул данделъи, жиб жамагӏаталъул бищунго тӏадегӏанаб гӏуцӏи кколеб. Жамагӏаталъ тӏасияб соналъ ахӏизе бугеб данделъиялде щвезегӏан росдал гӏумруялъул иш билълъанхъизабизе бищулаан Чӏахӏиязул совет. Гьеб советалде жиб-жиб тухумалъ жидерго рахъалдасан рихьизарулаан 40-45 соналдаса гӏодоре сонал гьечӏел вакилзаби. Гьеб Чӏахӏиязул советалъ лъагӏелалъ росдае нухмалъи гьабизе вищулаан бегавул. Батӏи-батӏиял миллатазул гьев чиясда лъураб цӏарги букӏана батӏи-батӏияб. Мисалалъе, магӏарулазул «бегавул» вукӏун ватани, даргияз гьесда абулаан «шилла хулати», лезгияз – «аксакал»; табасараназ – «кевха» ва гь.ц.\nЖакъа Федералияб законалъ гьесда (гьеб хъулухъалде тӏамулев чиясда) нилъерго цӏар лъеян абулеб бугелъул, хӏажат буго нилъ, Дагъистаналъул киналго миллатазулгун дандбан, цо пикруялде рачӏине, щайгурелъул «староста» нилъер республикаялъе рекъон кколеб гӏадаб цӏар гьечӏин кколелъул.\nКинал росабалъ ва лъица\nтӏамилев бегавул?\nНилъеда лъан букӏине ккола, гьединав бегавул вукӏине вуго жинда жаниб муниципалияб гӏуцӏи гьечӏеб гьитӏинаб росулъ. Кинаб цӏар лъуниги, гьеб хъулухъалъул гӏадамазул Дагъистаналъе буго цӏикӏкӏараб кӏвар, щайгурелъул нилъер республикаялда кинабниги 1605 росу бугеб батани, жинда жаниб муниципалияб гӏуцӏи гьечӏел гьитӏинал росабазул къадар бахуна 894-ялде. Гьеб буго кӏудияб къадар. Гьел росабалъ гӏумру гьабиги, гӏадамазе рукӏине кколел шартӏал чӏезариги, гӏадлу-низам букӏинабиги гьеб хъулухъалде тӏамурав чиясдаги бараб бугелъул. Цебе заманалда гьеб хъулухъалде чи старшина, бегавул росдал жамагӏаталъул собраниялъ, ялъуни Чӏахӏиязул советалъ вищулев вукӏун ватани, цӏияб законалда рекъон гьев тӏамиялъулги кӏудияб батӏалъиго кколеб гьечӏо. Щайгурелъул гьанже гьев тӏамизе вуго муниципалитеталъул депутатазул гӏуцӏиялъ (представительнияб орган), росдал жамагӏаталъул собраниялъул хӏукмуялда рекъон, гьез вихьизавурав чи. Гьединлъидал гьабсагӏаталда бугеб къагӏидаялде дандеккун, гьеб буго гӏадамазул, ай жамагӏаталъул пикру гӏадахъ босун гьабулеб иш.\nЗаконалда рекъон жинда тӏадаб иш гьев бегавулас гьабизе ккола мухь гьечӏого, жамгӏияб хӏалтӏи хӏисабалда. Гьебги захӏматаб суал буго. Ракӏалде ккола, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз гьеб суалалде кӏварги буссинабун, жидер гӏарцул рахъалдасан рес бугел муниципалиял гӏуцӏабаздагӏаги гьесие харж бихьизабизе бегьулилан абураб пикру законалда хъвани, хӏалтӏи лъикӏго цебехун инаанилан.\nСоветияб заманалде щвезегӏан нилъер росабалъ рукӏарал бегавулзабазеги гӏарцудалъун мухь кьолеб букӏинчӏониги, гьесие тӏад къараб хъулухъ гьабиялъухъ кьолаан «натуроплата», гӏиял бетӏер, бецизе харибакӏ, бекьизе тӏадеги хур яги цогидаб.\nГӏаммаб куцалда абуни, цӏияб законалъул гӏемерал рахъал руго цебе букӏаралдаса лъикӏал, халкъалъе пайдаялъе хӏалтӏизе ругел. Гьезул цояб ккола, мисалалъе, хӏукуматалъулаб ва мунципалияб гӏуцӏиялда гьоркьоб гьабулеб къотӏи-къаялъул кьучӏалда росабалъ ва шагьаразда гьарулел хиса-басиязе тӏадеги гӏарац биччазе тӏаде босулеб буго пачалихъиял идарабаз. Жакъасеб, кинабго лъикӏабщинаб гӏумруялде бахъинабизе бакӏалъул нухмалъулезул гӏарац гӏолареб заманалда гьеб ккола кӏудияб квербакъи ва гӏарцулаб кумек.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "15896-fazu-gialieval-ul-sonalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15896-fazu-gialieval-ul-sonalde", "title": "Фазу Гӏалиевалъул Соналде", "date": "2022-02-10 13:25:43", "categories": ["kultur"], "text": "«Чӏагояб классикаялъ» цӏидасанги ахӏулел руго\nХӏурматиял газеталъул гьудулзаби!\nГьале кӏиабилеб нухалдаги нуж ахӏулел руго «Чӏагояб классикаялъ». Гьаб нухалда тадбир сайгъат гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй поэт, исана жий гьаюралдаса 90 сон тӏубалей Фазу Гӏалиевалъе — исанасеб сонги лъазабун бугелъулха шагӏиралъул лъагӏеллъун.\nКонкурс тӏобитӏулеб буго гьал хадусел номинациязда:\n1) Фазул проза ракӏалдасан цӏали.\n2) Шагӏиралъул кучӏдул ракӏалдасан цӏали.\n3) Фазу хӏакъалъулъ цогидазул пикраби, кучӏдул ракӏалдасан цӏали.\n4) Дир Фазу. Шагӏиралъул хӏакъалъулъ пикраби загьир гьари.\nГьеб кинабго бахъизе ккола видеоялде ва видеороликал ритӏе гьаб электроннияб адресалде:\nsnamay.kazanbieva@mail.ru. (Шамай Хъазанбиева)\nГӏахьалчагӏи, саназда рекъон, рикьизе руго хадусел къокъабазде:\n1) Росабазул школазул цӏалдохъаби:\nа) 1-4 классал\nб) 5-8 классал\nв) 10 класс\n2) Шагьаразул школазул цӏалдохъаби:\nа) 1-4 классал\nб) 5-8 классал\nв) 10 класс.\n3) Чӏахӏиял, ай гӏахьаллъизе гъира бугел.\n9, 11 классазул гьеб заманалда экзаменал рукӏунелъул, гьел гьоркьор риччалел руго.\nНужер суалал ккани, кӏалъазе бегьула гьаб номералде: 8-963-413-82-99.\nМаялда гӏахьалчагӏи ахӏизе руго редакциялде ва, гъоркьисаго гӏадин, щивас бихьизабизе буго жиндирго пагьму. Гьаб нухалда финал тӏобитӏизе буго Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, журналисталги, шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги ахӏун.\nХӏалтӏаби къабул гьаризе руго 20 апрелалде щвезегӏан."}
{"slug": "15898-bukiina-gaz-tsiunila-rosabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15898-bukiina-gaz-tsiunila-rosabi", "title": "Букӏина газ, цӏунила росаби", "date": "2022-02-10 13:31:26", "categories": ["magiarukh"], "text": "Бежтӏаса пенсионер Исмагӏилов Расулица цӏехолеб буго: «Нижер гӏадаб рикӏкӏадаб районалде киданиги тӏабигӏияб газ щвезе гьечӏин абула гӏемерисез. Амма гьал къоязда бицунеб рагӏана, рикӏкӏадал мугӏрузул районазул росабалъеги кинабалиго системабаздалъун газ бачине бугилан. Битӏарабгӏаги гьечӏодай гьеб хабар?»\nГъоркьиса декабралда президент Владимир Путинил кӏудияб пресс-конференциялда нилъер республикаялъул журналистас кьун букӏана газалда ва токалда хурхараб суал. Газ бачинчӏого хутӏарал гӏемерал росаби ругин республикаялдаян бицун букӏана улкаялъул бетӏерасда. Дагъистаналъул гӏадамаз гӏумру гьабулел киналго бакӏазде газ бачиналъе хехал ресал ратейилан тӏад къана президентас РФялъул хӏукуматалда ва «Газпром» АОялда. Хадуб, хасаб амруялдалъун, гьес «Газпромалда» тӏад къана, тӏоцебесеб март щвелалде гьеб суалалъул цӏех-рехги гьабун, Дагъистаналъул энергетикаялъе тӏадеги инвестициялъул гӏарац рехиялъе нух батеян.\nГьеб амруялъе баян кьолаго, ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас абуна гьеб суал жинца борханила Федерациялъул Советалда, РФялъул Минэнергоялда ва Путинилгун букӏараб дандчӏваялда.\nАбулеб буго, «Газпромгун» цадахъ лъугьун, 2021-2025 соназда нилъер регион газалдалъун хьезабиялъул хасаб программа гӏумруялде бахъинабизе бугилан. Гьелъие биччазе бугила инвестициязул 13 млрд гъурущ ва газалдалъун хьезаризе ругила Дагъистаналъул 27 районалъул росаби.\nГазалъул аслияб рогӏороялдаса цӏакъго рикӏкӏад бугеб Дагъистаналъул 11 район хутӏун буго жеги газ гьечӏого. Гьел районазде газ бачин кколеб буго цӏакъго захӏматаб, цӏикӏкӏарал харжал тӏад унеб ва гӏемераб заман бахъулеб хӏалтӏи. Гьединлъидал гьел районал газалдалъун хьезариялъе данде кколеблъун рикӏкӏунеб буго автономияб, ай жибго жиндаго чӏараб система хӏалтӏизаби. Гьеб къагӏида гӏумруялде бахъинабизе кколин абуна дагьаб цебе ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда «Газпром» ПАОялъул правлениялъул председателасул заместитель Виталий Маркеловас. Данделъиялъул аслияб хӏасиллъун ккана 2025 соналъул ахиралде республика тӏубанго газалдалъун хьезабизе кколин гьабураб хӏукму.\nАвтономияб системаялъ газалдалъун хьезабиялъул аслияб магӏна ккола лъамалъизабураб (сжиженный) тӏабигӏияб газалъ цӏезарурал хасал къалал – газгольдерал хӏалтӏизари. Гьайгьай, гьеб программа гӏумруялде бахъинабиялъ квербакъила рикӏкӏада ругел мугӏрузул районазул халкъ тӏабигӏияб газалдалъун хьезабиялъе.\nГьеб къагӏида цӏияб жо кколаро. Европаялда, Канадаялда, Америкаялда, хасго Скандинавиялъул пачалихъазда цебегоялдаса нахъе кӏвар кьолеб буго захӏматал шартӏазул мугӏрузул районазул росабалъе автономияб къагӏидаялъ тӏабигӏияб газ бачиналде. Гьеб къагӏидаялда бачараб газ нилъер республикаялъул мугӏрузул районазул халкъалъе щвезе букӏиналдаса нилъ рохизе ккола.\nМугӏрул тун авлахъалде магӏарулал рахъиналъе аслиял гӏиллабазул цояблъун ккола магӏишат гьабизе бигьалъи балагьи. Цӏорораб мина, квачараб хӏажатхана, цӏатари чӏезабиялъул лъугӏи гьечӏеб масъала – гьеб буго магӏарул гӏемерисел росабазе хасиятаб сурат, ай жакъасеб къоялъул пашманаб хӏакъикъат. Ва гьел масъалаби кинго лъугӏизаризе кӏвезе гьечӏо росабалъе газ бачинчӏебгӏан заманалда. Амма, такрар гьабила, рогӏралги лъун, мугӏрузул росабалъе газ бачин ккола чӏахӏиял харжал гьаризе кколеб ва гӏемераб заман бахъинабулеб захӏматаб тадбир. Церетӏурал пачалихъазда цебегоялдаса нахъе хӏалтӏулеб буго мугӏрузда ругел жидерго росабалъе бигьаго ва учузго газ бачунеб гьеб къагӏида.\nАвтономияб куцалда газалдалъун росаби хьезари ккола учузаб ва тӏабигӏаталъе зарал дагьаб къагӏида. Гьелъие къваригӏуна 1-1,5 метралъул гъварилъуда ракьулъ лъураб, киназего гӏахьалаб, кьаву чӏвалареб лъамияб газ цӏунулеб къали, насос, газалъул счетчикал, минабахъе газ бачунел маххул мухъал ва чорокаб газ бакӏарулеб къали.\nМугӏрузул районазул росабалъе автономияб къагӏидаялда газ бачин ккола гӏадамазул гӏумру бигьа гьабулеб ва гьениса гӏадамал гочинчӏого рукӏиналъе квербакъулеб тадбир. Щивав чияс жиндиего газ бачиналдаса, гьеб къагӏида кӏиго нухалда учузго чӏола.\nЕвропаялда, Канадаялда ва Америкаялда цебегоялдаса нахъе пайда босула мугӏрузул росабалъе автономияб къагӏидаялъ газ бачиналдаса. Масала, араб гӏасруялъул 60-абилел соназда, тӏоцебе гьединаб къагӏидаги хӏалтӏизабун, газ бачана Россиялъул Севералда ва Дальний Востокалда ругел росабалъе. Нилъер республикаялдайин абуни, автономияб къагӏидаялъ газ бачараб росу гьечӏо.\nХӏисаб гьабеха, жалго бетӏергьанал минабазул хважаинзабазе автономияб къагӏидаялъ газ бачиналъул ругел квегӏенлъабазул:\nРикӏкӏадасан рогӏралги лъун, чӏахӏиял харжал гьаризе кколаро;\nГаз бачунаго, гӏемераб гӏарацги, заманги, нервабиги хвезаризе кколаро;\nДагьал харжал унел рукӏиналъ, щивав чиясул рес букӏуна газ бачине;\nРес буго 7-14 къоялда жаниб кинабго хӏалтӏи гьабун бахъинабизе;\nЛъамияб газ, гьеб цӏунулел къалазухъе чӏехьола газ баччулел хасал машинабаз;\nАвтономияб къагӏидаялъ бачараб газалъ хинлъизабула мина, кидаго букӏуна бухӏараб лъим, газогенераторги хӏалтӏизабун, гьабизе бегьула токги.\nАвтономияб къагӏидаялъ газ бачин учузаб хӏалтӏи кколаро, амма гьелда тӏад арал харжал кӏиго-лъабго соналдасан рецӏула.\nГаз бугони, росабалъ разе бегьула теплицаби, рес буго фермеразул магӏишатал гӏатӏид гьаризе, промышленниял цехал рагьизе.\nНури Нуриев."}
{"slug": "15899-khur-begun-ber-giortsiun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15899-khur-begun-ber-giortsiun", "title": "Хур бегун, бер гӏорцӏун", "date": "2022-02-10 13:34:07", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьава-бакъалъул шартӏазул рахъалъ гӏезегӏан захӏматаб букӏаниги 2021 соналда росдал магӏишаталъ рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Гъоркьиса гӏезарурал нигӏматазул гӏаммаб багьа ккола 176,2 млрд гъурущ (91,8 млрд гъурущ гӏи-боцӏухъанлъиялда ва 84,4 млрд гъурущ хурухъанлъи-ахихъанлъиялда). Аслияб куцалда гьеб буго агропромышленнияб комплексалъе пачалихъалъ гьабулеб бугеб кӏудияб кумекалъул хӏасил. 2021 соналда гьеб кумек бащалъана 3,05 млрд гъурщида, гьелдаса 2,57 млрд ккола федералияб бюджеталъ биччараб гӏарац, хутӏараб буго республикаялъул бюджеталдаса щвараб. Гьебго заманалда дагьаб гьечӏо агрокомплексалъ бюджеталде кьолеб гӏарацги (налогал), 2020 соналда – 6,14 млрд гъурущ (росдал магӏишат ва гьелъул нигӏматал къачӏалеб промышленность, акцизазухъ бакӏарулеб гӏарац), 2021 соналда – 6,6 млрд гъурущ. Гъоркьиса соналда жаниб аграрияб секторалда цӏи гӏуцӏун букӏана 5177 чи хӏалтӏизе бакӏ, гьеб къадаралда гьоркьоре уна сезоналъул заманалда хӏалтӏизе росаралги халатккун хӏалтӏизе бакӏал чӏезарун ругелги.\nНилъер республикаялъул хурухъанлъиялда аслияллъун гьабсагӏаталда ккола пиринчӏ хьай ва гӏезаби, интенсивияб тайпаялъул ахал чӏей ва теплицабаздагун парниказда овощал гӏезари. Гьел церетӏезариялде кьолеб буго цӏикӏкӏараб кӏварги. Ахираб лъабго соналда жаниб пиринчӏ хьараб ракьалъул гӏатӏилъи цӏикӏкӏана 25 проценталъ, бакӏарараб бачӏиналъул къадар — 22,1 проценталъ. 2021 соналда 25,8 азарго гектаралдаса бакӏарана 116 азарго тонна пиринчӏалъул (1 гектаралдаса 45 центнер), цебехун нилъер гьаниб киданиги щун букӏинчӏо гьединаб къадар. Гьеб рахъалъ Краснодар краялда хадуб буго Дагъистан. Бакӏарулеб пиринчӏалъул къадаралдаго цадахъ цӏикӏкӏунеб буго республикаялдаго къачӏалеб гьелъул бутӏаги. Масала, планазда рекъон 2024 соналда республикаялда бакӏаризе ккола пиринчӏалъул 130 азарго тонна, гьелъул 90 процент къачӏазе хӏисабалде босун буго нилъер гьанибго. Пиринчӏ гӏезаби дагьабги лъикӏ цебетӏеялъе квалквалал гьарулел масъалабилъун ккола хӏажатаб къадаралда гьеб лъеца хьезабиялъулъ ругел захӏмалъаби, мелиоративияб система басралъун, къачӏачӏого гӏолареб хӏалалда букӏин ва пиринчӏ бакӏарулел комбайнал гӏоларого рукӏин (гьел росизе исана биччан буго 100 млн гъурущ).\nКӏудияб кумек ккана мелиоративияб хӏалтӏи гьабиялъе ахираб 3 соналда жаниб республикаялъул бюджеталдаса 884,5 млн гъурущ биччаялъ. Гьеб хӏалтӏул хӏасилалда тӏадеги бакӏаризе кӏвана 1,5 млрд гъурщил багьаяб пиринчӏ.\nПихъ бакӏариялъул рахъалъги республика Россиялъул регионазда гьоркьоб буго цебесеб кьерда. 2021 соналда цӏиял ахал чӏезе хӏисабалде босун букӏана 900 гектаралда, хӏакъикъаталда чӏана 1100 гектаралда, гьездасан 540 гектар интенсивияб тайпаялъул (2024 соналде щвезегӏан чӏезе ккола жеги 1,2 азарго гектар). Гьелъ рес кьуна ахазул гӏаммаб гӏатӏилъи 28,9 азарго гектаралде бахинабизе, гьезда гьоркьоса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолел ахазул.\nГъоркьиса республикаялда бакӏарана пихъил 195 азарго тонна, амма гьеб цӏуниялъулъ руго кӏудиял масъалаби. Республикаялда гьечӏо киналго тӏадал тӏалабал цӏунун, хӏажатал шартӏал чӏезарун бажарулел хасал централ, 22 азарго тонна пихъил цӏунизе складал гурони. Буго гьединал складал-централ раялъе къабул гьабураб 6 грант-проект, гьел киналго хӏалтӏизе риччазе ккола 2023 соналде щвезегӏан.\nАхирал соназда лъикӏаб цебетӏей щвана теплицабаздагун парниказда овощал гӏезариялъе. Гьабсагӏаталда республикаялда буго теплицабазул 631 гектар, 2024 соналде щвезегӏан гьеб гӏатӏилъи бахине ккола 800 гектаралде. Теплицабазда гӏезарулел овощазул къадаралъул рахъалъ Дагъистан Россиялъул регионазда гьоркьоб буго 7-абилеб бакӏалда, СКФОялда 2-абилеб бакӏалда буго. Нилъер республикаялъул хаслъи ккола гӏезарулел овощазул аслияб къадар (96,2 процент) ЛПХязда тӏаде кколеб букӏин (тӏолабго Россиялда 50,1 процент). Гӏи-боцӏухъанлъиялъул рахъалъги нилъ нахъе ккун ругин абизе бегьуларо. Официалиял баяназда рекъон, нилъер республикаялда (СПК, КФХ, ЛПХ ва гь. ц.) буго гӏи-цӏцӏаназул 4,46 млн бетӏер (Россиялда 1 бакӏ, гӏаммаб къадаралъул 20 процент). Щибаб соналъ нилъер гьаниб гӏезабула гӏиял гьанал 35 азарго тонна (гьелдаса 15 азарго тонна уна Россиялъул цогидал регионазде ва къватӏисел пачалихъазде).\n2019-2021 соназда республикаялда бана ва хӏалтӏизе биччана гьан къачӏалеб 5 цех. Кванил ва нигӏматал къачӏалеб промышленносталда хӏалтӏулев вуго 2 азарго чи. 2021 соналда гьелъ къватӏибе биччана (къачӏана): гьан ва субпродуктал – 12,6 азарго тонна; хӏан ва хӏанил нигӏматал – 4,6 азарго тонна; нисо – 2,9 азарго тонна; пихъил ва овощазул консерваби – 21 млн шартӏияб банка; минералияб лъим – 313,5 млн шиша-банка; ханжу – 1,5 азарго тонна.\n2021 соналда агрокомплексалъул предприятияз босана 540 млн гъурщил багьаяб 284 единица техникаялъул (исана босизе ккола 700 млн гъурщиде). Хӏакъаб жо, гьеб буго нилъер росдал магӏишаталда цере лъун ругел суалал тӏураялъе кинго гӏолареб къадар, гӏагарал соназда босизе ккола чанго нухалъ цӏикӏкӏун техника, лъала гьелда сверухъ хӏалтӏи гьабулеб букӏинги.\nЦӏибил гӏезабиги ккола лъикӏаб хӏалалда цебехун унеб бугеб магӏишат. 2021 соналда республикаялда бакӏарана цӏолбол 237,9 азарго тонна (2020 дандеккун 113,9 процент), 1 гектаралдаса 104 центнер. Краснодар крайги нахъа тун, нилъ рачӏана тӏоцебесеб бакӏалде. Бакӏарараб къадаралъул 163,2 азарго тонна къачӏана нилъер гьанибго (2020 соналдаса 12,2 проценталъ цӏикӏкӏун). Цӏидасан цӏибил чӏана 663 гектаралда ва гьелъул гӏаммаб гӏатӏилъи бащалъана 26,3 азарго гектаралда.\nИсана росдал магӏишаталъул руго гӏезегӏан цӏикӏкӏарал, амма тӏуразе рес бугел тӏадеросиял. Гьел ккола: санайил гарцӏалъ магӏишатазе гьабулеб заралалда данде хӏалтӏи цебеккунго байбихьи ва тӏадегӏанаб даражаялда гӏуцӏи, хӏалтӏизарулел минералиял удобрениязул къадар цӏикӏкӏинаби (нормабазда рекъон), северияб зонаялъул гӏатӏидаб ракь салул авлахъазде свериялда данде гьарулел хӏалтӏаби хӏалуцинари, селекциялъулабгун тайпадулаб хӏалтӏи гьабулел централ гӏуцӏи, республикаялда къачӏалел нигӏматазул къадар цӏикӏкӏинаби, магӏишатазе босулеб сельхозтехникаялъул къадар гӏемер гьаби ва МТСазул хӏалтӏи цебе инаби. Гьеб киналдаго цадахъго цӏикӏкӏун гурого гӏодобе ккезе тезе гьечӏо гӏезарулел нигӏматазул къадарги гьезул даражаги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "15900-ruchchabaz-urg-egun-rokhel-bikuleb-g-ansito", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15900-ruchchabaz-urg-egun-rokhel-bikuleb-g-ansito", "title": "Руччабаз ургъелгун рохел бикьулеб гъансито", "date": "2022-02-10 13:36:58", "categories": ["kultur"], "text": "«Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул редакциялда жеги хутӏун буго советияб заман ракӏалде щвезабулеб ракӏа-рахари. Къадалгун чӏабар басралъун кьерукълъаниги, цо батӏиябго хинлъи ракӏалъе кьолеб ахӏвал-хӏалги букӏуна гьениб. Бищунго асар гьабула кабинетазда сокӏкӏарал басриял журналал регулелъул.\nИсанасеб февралалъ гӏасру сверана Дагъистаналда руччабазул журнал биччазе байбихьаралдаса. 1922 соналъул тӏоцебесеб февралалда «Дагиздат» басмаханаялъ гӏурус мацӏалда бахъана «Красная горянка» абун цӏар кьураб журнал. Гьелъул цебесеб жилдазда лъун букӏана машгьурав революционер Мухӏамад-Мирза Хизроевасул лъади Разият Хизроевалъул сурат. Гьей йикӏана доб заманалъул руччабазул жамгӏияб багъа-бачари гьабизе байбихьарал церехъабазул цояй. Мугӏрул халкъалъе хасиятаб гуреб къагӏидаялъ гӏуцӏулеб республикаялъул жамгӏият цебетӏеялъе хӏажат букӏана руччабазул гӏахьаллъи. Амма гьеб бигьаяб гуреб ишги букӏана. Цӏияб заманалъул низам къабул гьабулел, хъвадаризе махщел бугел руччаби къанагӏалъиялъ батила, «Красная горянкаялъе» редакторлъи гьабурай В. Н. Николаевалъ журнал биччай гьоркьоб къотӏизе тараб.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъдаса хадусеб мискинлъиялдаса улка цӏидасан гӏуцӏулеб, росдал магӏишат цебетӏеялъе тӏолабго къуват кьураб заман букӏана анлъго батӏияб мацӏалда Дагъистаналъул руччабазе хасаб журнал къватӏибе биччараб. Гьелъул тӏогьиллъарал тӏанчазулъ буго мугӏрул чӏужугӏаданалъул гӏетӏги, захӏматги, пинкьахарал квералги, гӏаммаб магӏишат цебетӏезабулаго гьелъ бихьизабураб бахӏарчилъиги. Нусазаргоялде гӏагарун бихьинал рагъдаса руссинчӏеб Дагъистан цебетӏеялъе хӏажат букӏана руччабазул къохӏехьей ва гьеб къалмиде босулеб басма. 65 соналъ гьоркьоса къотӏичӏого Дагъистаналъул миллиял мацӏазда къватӏибе бачӏунеб руччабазул журналалъ жанибе бачана нилъер улбузул гӏумруялъул тарих, гьезул гӏелмиябгун рухӏияб цебетӏей, заманалъул гьураз хисизабураб некӏсияб хаслъи. Къокъго абуни, гьеб лъугьана республикаялъул руччабазул ургъелгун рохел бикьулеб гъаситолъун.\nМиллиял мацӏазда риччалел журналазе нухмалъи гьабуна жидер заманаялъ республикаялда машгьурал, жамгӏияб, гӏелмияб ва гьунаралъул рахъалъ церетӏурал руччаби — Гӏайшат Гӏабдулаевалъ, Умурахил Шапиевалъ, Патӏимат Муртазагӏалиевалъ, Гӏунайзат Мейлановалъ ва цогидаз.\n«Магӏарулай» журнал кодобе босигун Фазу ракӏалде щоларев чи вукӏунев ватиларо, хасго советияб заманаялъ гьарурал, гӏурал руччабазул. Гӏолохъанай редактор Фазу Гӏалиевалъул хӏаракаталдалъун 1972 соналда «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журнал къватӏибе бачӏана гӏурус мацӏалдаги. Анкьго батӏияб мацӏалда биччалеб Дагъистаналъул руччабазул журналалъе Фазу Гӏалиевалъ нухмалъи гьабуна 45 соналъ.\nЖакъасеб «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул бетӏерлъуда йиго, гьабулеб ишалъул бичӏчӏиги бугей, кӏварги лъалей, ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, филологиял гӏелмабазул кандидат Наида Каримова.\nМагӏарул ясазул годекӏан\nСоветияб заманалда «Магӏарулай» журнал бачӏиналъухъ урхъун рукӏунаан руччаби, амма цӏиял церетӏеяз, цогидаб миллиябщиналдасаго гӏадин, гьелдасаги рикӏкӏалъун рукӏана мугӏрул руччаби. Щивха гьелъие гӏайибиявлъун вукӏарав: журнал гӏуцӏулелищ, цӏалдолелищ, цӏи раккарал рекӏелгъеялищ? Лъаларо. Лъалеб жо буго миллияб рухӏияб хазина, халкъалъул хаслъи цӏуниялъе «Магӏарулай» журналалъ магӏарул чӏужугӏаданалъе, кумек гурони, квалквал гьабунгутӏи.\n2019 соналда «Магӏарулай» журналалъул редакторлъун ячӏана Баху Мухӏидинова. Цо чанго соналъ «Миллат» газета биччалел журналистазул къокъаялъулъ жуярай Бахулъ тӏатана публицистикаялъе бугеб гьунар. Гьелде щвезегӏан Баху йикӏана педагогикиял гӏелмабазул кандидатлъунги яхъарай, тӏадегӏанал цӏалул идарабазда хӏалтӏун гӏелмияб хӏалбихьиги щварай мугӏалим. Гьей редакторлъун ячӏаралдаса нахъе цӏидасан рагӏана «Магӏарулай» журнал чӏаго букӏин. Лъабнусиде ккун букӏараб журналалъул подписка лъагӏалида жаниб гӏагарана кӏиазариде.\n«Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул 65 сонилаб юбилеялда цадахъго гьезул коллективалъ исана кӏодо гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъ 90 сон тӏубайги. Гьел юбилеязул хӏурматалда гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе хӏисабалде босун буго журналалъул редакциялъ. Гьединго лъазабулеб буго Фазу Гӏалиевалъул гӏумруялда ва творчествоялда хурхарал ва журналалъул гӏумруялда тӏасан батӏи-батӏиял конкурсал. Лъагӏалил ахиралда букӏине бугеб Фазу Гӏалиевалъул кӏудияб юбилеялъулаб вечералда, хӏасилалги гьарун, бергьенлъи босаразе кьезе руго сайгъаталги.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "15901-bokula-magiarul-yasazul-gurmal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15901-bokula-magiarul-yasazul-gurmal", "title": "Бокьула магӏарул ясазул гьурмалъ …", "date": "2022-02-10 13:48:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталда хӏалтӏизе лъугьаралдаса нахъеги дида лъанщинал лъикӏал гӏадамал. Гьезул щивас дир гӏумруялъул тӏехьалда толел руго жидерго тӏанчалги. Зама-заманалдасан гьебги цӏалун, ракӏ-ракӏалъ йохизе ячӏуна – гьадинал гӏадамал ракьалда рукӏинчӏелани, жакъасеб гӏумруялда тӏагӏам батӏияб букӏинаан.\nГьале гьаб нухалдаги газеталде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана дагьаб цебегӏан Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб «Лъагӏалил мугӏрузул яс» абураб конкурсалда бергьарай Гумбет районалъул Данухъа Хадижат Гъайирбекова ва конкурс гӏуцӏаразул цояй, Махӏачхъалаялъул №45 (Шамхал поселок) школалъул авар мацӏалъул учитель Марям Шапиева.\nМарямица бицана конкурс тӏобитӏизе кин тӏоцебе пикру бачӏарабали:\n— Дида ракӏалде ккана руччабазул байрамалде школалда ясазда гьоркьоб гьединаб цӏаралда гъоркь конкурс тӏобитӏизе. Тадбиралда гӏахьаллъизе ахӏун йикӏана дирго гьудул Фатима Мухӏамадоваги (Фати-Добро). Гьелъиеги цӏакъ рекӏее гӏуна къец тӏобитӏулеб къагӏида, ва, кӏиязго дандги бан, нижеда ракӏалде ккана республикаялъул даражаялда конкурс тӏобитӏизе. Тӏоцебесеб нухалда гьеб тӏобитӏана Хасавюрт шагьаралда. Спонсорлъиги хасавюрталъулаз гьабун букӏана.\nИсанаги заочнияб туралда гӏахьаллъана 180-ялдасаги цӏикӏкӏун яс. Гьез хӏадур гьабизе кколаан жиндиргоги жиндирго гӏагараб ракьалъулги хӏакъалъулъ бицунеб кӏи-кӏи видеоролик. Гьезие къимат кьезе гӏуцӏун букӏана хасаб комиссияги ва данделъун рукӏана Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялда.\nФиналалде йорчӏана 11 гӏахьалчӏужу.\nГьединал конкурсазул кӏудияб пайда букӏуна гӏун бачӏунеб гӏелалъе. Цо-цоязда ракӏалде ккун букӏун буго кӏудиял пачалихъаздаго гӏадинаб къагӏида бугин нижер конкурсалъулиланги. Гӏайибал гӏунтӏизаризе къваригӏаралги камулел рукӏинчӏо.\nТадбир тӏобитӏулаго, цоги нухалда ракӏалде щвезаруна умумузул гӏадатал-гӏамалалги рукӏа-рахъинги. Гьединго гӏолилазухъа бажарана умумузул партал цӏилъизабизе ва гьелъул берцинлъи цоги нухалда загьир гьабизе. Хасаб баркала кьезе бокьун буго конкурсалъе кумек гьабурал сахаватал гӏадамазеги. Гьез абун букӏана жидер цӏарал рицунгейиланги, — ян бицана Марямица.\nНаслабазул бухьен\nГӏун бачӏунеб гӏел рикӏкӏалъулеб буго умумузул гъанситоялдаса. Амма гьениб гъасда цӏа свани, суна миллаталъул чирахъ. Чирахъ свараб миллаталъул кьер кинабха букӏинеб. Бецӏаб кьералъул рагӏдукь хутӏани, иш кинха букӏинеб гӏолохъанаб гӏелалъул. Гьеле гьелъие гьабулеб хӏалтӏул цо гьитӏинабго бутӏа ккола Марямицаги Фатимацаги тӏобитӏулеб гьаб къецги.\nЩибаб районалъулги росабазулги гӏадаталги, гьенир тӏоритӏулел рукӏарал рекӏелгъеялъе тадбиралги, миллияб парталалъул гьайбатлъиги, гӏолил ясазул гӏадатлъиги, намусалъул борхалъиги – гьеб кинабго цоги нухалда нилъее сайгъат гьабун бажарана къец гӏуцӏаразухъаги гьелъул гӏахьалчагӏазухъаги.\nНаслабазул бухьен. Цӏилъулеб буго гьеб. Гьелъие квербакъулеб буго жалго гӏолилазги. Гьезда бичӏчӏизе лъугьунеб буго, миллат чӏаго хутӏизе ккани, цин аралъул адаб гьабизе тӏадаб букӏин. Гурони, цӏилъи чӏвазе гьечӏо миллаталъул букӏинеселда.\nМиллаталъул букӏинеселъул ва гьелъул къисматалъул къиса кодосел жакъасел гӏолилазул руго гвангъарал пикраби. Гьез ишан босун буго тӏадегӏанлъиялде. Гьезда бичӏчӏулеб буго магӏарул намусалъул багьа хасаб борхалъиялда букӏин.\nДун йиго магӏарулай\nИсанасеб конкурсалда бергьарай Хадижат Гъайирбековалъ гӏумру гьабулеб буго Махӏачхъалаялда. Гьелъги бицана къецалда гӏахьаллъизе жиндирго къасд ккараб куцалъул хӏакъалъулъ:\n— Араб соналдаги гӏахьаллъулей йикӏана дун гьабго конкурсалда. Финалалдеги йорчӏун йикӏана. Битӏун цее яхъине къоял гӏагарлъулеб заманалда, иргадулаб нухалдаги эбеллъун яхъана дун. Ккечӏо санагӏалъи гьений гӏахьаллъизе. Амма цӏакъ бокьун букӏана. Цӏидасанги конкурс лъазабизегӏан, дир пикрабазе рахӏат букӏинчӏо. Дунго шагьаралда йигониги, ракӏги пикрабиги дир гӏемерисеб мехалда гӏагараб росулъ рукӏуна. Гьелъго батила, дие исанаги бокьана гӏахьаллъизе. Ва дир анищ тӏубана.\nЛъимерлъиялдаго ругьун гьаюна дун гӏагараб росу бокьизеги гьелъул гӏадамазул адаб гьабизеги. Росулъ гӏумру гьабун йикӏинчӏониги, бокьана дие гьеб. Каникулазул заманалда гӏедегӏулаан магӏарухъе, кӏодоэбелалъухъе.\nДун йиго магӏарулай. Гьел рагӏабазул хиралъиха дие! Кинха хиралъиларел. Магӏарухъ вижана имам Шамил. Гьенивго гьавуна Хӏамзатил Расул. Гьес тӏубараб гӏумруялъго гурищ хъварал мугӏрул чӏужугӏадан кӏодо гьаюрал асарал. Кӏудияв шагӏирас гурищ абураб:\n— Амма бищунго цӏакъ\nмагӏарул намус\nМагӏарул ясазда\nгьеб цӏакъ рекъола, — йилан.\nГьел мухъал хутӏана дие гӏумруялъул даимал дарсаллъун.\nГьал кьурабазул эркенлъи цӏунулаго хваразда гьоркьор рукӏана Ахӏулгохӏалъул руччабиги. Ахӏулгохӏ. Дагъистаниязе гьеб хутӏана бухӏилъунги ахӏилъунги. Намусалде рагӏад ккезегӏан, хвел тӏаса бищарал гьел дие хутӏана тӏадегӏанлъиялъул кӏудияб ва бахӏарчияб мисаллъун. Магӏарухъ бижана, тӏирщана Махӏмудил рокьи. Кьогӏаб хвалил лълъарги Эльдарилас гьаниб гурищ гьекъараб!?\nКъисабаз бечедаб дир магӏаруллъи. Бокьула гьеб дие ракӏракӏалъ. Бигьаяб иш гуро унго-унгояй, мугӏрузул законазе мутӏигӏай магӏарулайлъун йижи ва хутӏи. Гьеле гьединайлъун йикӏине малъана дида гӏагараб росдаца, гьелъул гӏадатал-гӏамалаз.\nГьеле гьеб киналъулго хӏакъалъулъ цоги нухалда дагъистаниязе бицине бокьун букӏана дие. Ва гьеб рес букӏана конкурсалда. Дида лъалаан, ракӏунтун хӏадурлъичӏони, хӏасил кколареблъиги. Ва рокъосан, лъимал гӏисинал рукӏун, цо кӏудияб санагӏалъи букӏинчӏониги, дир гъира бихьун, росасги, инсуцаги ва гӏагарлъиялъги дие кумек гьабуна.\nДир бергьенлъиялъулъги буго гьезул кӏудияб бутӏа, — йилан бицана гьелъ.\nГӏолохъанлъи абула…\nГӏумруялъул санал дагьал гурони гьечӏониги, пикраби цӏубарал ругоан Хадижатил. Гьадинал руго жакъасел гӏолилал. Йохула дун гьездаса. Гьел нилъедаса, гьоркьохъеб ва чӏахӏияб гӏелалдаса, батӏиял руго. Биччанте нух битӏизе гьезул ракӏчӏарал пикрабазеги тӏадегӏанлъи-борхалъи гурони тӏаса бищизе лъаларел анищазеги.\nГьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб ва гӏащикъаб рокьи. Гьеб гурищ гӏумруялъул аслияб магӏнаги.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "15907-chachanazul-kvankhisa-magiarulal-va-zhak-aseb-tsvetkovka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15907-chachanazul-kvankhisa-magiarulal-va-zhak-aseb-tsvetkovka", "title": "Чачаназул Кванхиса магӏарулал ва жакъасеб Цветковка", "date": "2022-02-11 06:13:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чачан республикаялъул ракьалда бугеб магӏарулаз гӏумру гьабулеб Кванхи росулъа гӏадамал Гъизляр районалъул Цветковка росулъе гочине байбихьана 1957 соналда. Гьелдаса нахъе гьез цӏунун буго жидеде щвезегӏанги Цветковкаялда гӏумру гьабулел ратарал гӏадамаздехун адабги ракӏ битӏараб бербалагьиги. Гьединго рагъ байбихьидалги Кванхи росулъа цо бутӏа гӏадамазул кӏиабилеб нухалдаги гочана гьенибе.\nТарихиял баянал\nСоветияб заманалда Дагъистаналда пачалихъияб политика букӏана бетӏербахъи гьабизе бигьалъи бугеб лъарагӏлъиялде кӏванагӏан цӏикӏкӏун магӏарулал гочинари. Гьедин, Цветковка росдал гӏадамаз «Новый путь» абураб цӏар лъураб колхозги гӏуцӏун, гурун гъуждулгун муцӏи-хъарахъалдаса газа-белалъ рацӏцӏад гьарун авлахъалгун, рахъун рахъалгун гӏуцӏана гьарзаяб бачӏин кьолел гӏатӏидал хурзал, чӏана жидее цере хасиятал рукӏинчӏел пихъил ахал.\nЦебетӏолеб букӏана гӏадамазул яшав, СССРалъул машгьурал вузазде цӏализе ине байбихьана гӏолилаз. Колхозги биххун гӏуцӏана, хадуб Дагъистаналдаго машгьурлъараб, пиринчӏ гӏезабулеб «Цветковский» совхоз. Амма пачалихъ биххиялда цадахъго биххана цветковкаялъулазул гӏаммаб магӏишатги. Совхозалъул ракьал рикьа-къотӏун, щивас жиндаго бажарараб гьабун, амма захӏматалъул рахъи гьечӏеб хӏалалде ккезаруна. Чачаналда рагъал ругел соназ Кванхиса гӏадамал кӏиабизеги гочун рачӏиндал, дагьабги нахъе ккана росдал магӏишатияб рахъ. Гъоркьгоги хӏалтӏи гьечӏого рукӏарал гӏолохъаби, цоял ччугӏа кквезе батагъазде, цогидал Россиялъул шагьаразде ун, лъабабилел гӏиси-бикъинаб дармиде ран рукӏана.\nКигӏанго гӏаданлъиялъул рахъалъ тӏокӏаб, гъункараб, иман цӏикӏкӏараб жамагӏат букӏаниги, росдал хӏал хисизабулев, ракӏ унтун гӏадамазе хъулухъ гьабизе таваккалав бегавул вукӏинчӏо, чангояв хисаниги.\nТӏабигӏаталъул къагӏида буго, тӏад жо бижизе лъикӏаб бугониги, цо-цо шартӏал камиялъ пайдаго кьолареблъун лъугьараб ракь, Бетӏергьанас цӏад-бакъ рекъезабидал, беричаб бахчаялде сверулеб. Гьедин тӏубанго хисула жамагӏатазул рукӏа-рахъинги, цевехъанлъи гьабизе лебалав, бажаригун лъай бугев чи ккани. Цветковкаялъулазе гьединав чилъун ккана Ульяновскиялъул университеталда лъай щварав, чанго соналъ Чачаналда рагъалдалъун букӏа, цогидаб гӏиллаялдалъун букӏа, къварилъиялде ккаразе гурхӏел-рахӏмуялъул фондги гӏуцӏун, кумекалъе вахъун чӏарав Загьидхӏажи Мухӏамадов.\nГьес батӏаго зодоса тӏезарун цӏваби гӏадамазе рикьичӏо яги цоги кӏудиял тамашаял балъгольаби рагьичӏо: гьес чӏаго гьабун, хӏакъикъаталда хӏалтӏизабуна жамагӏаталъул газа кьурда рекӏунин абураб умумузул кици. Росдал бетӏерлъуде ккедал, щулияб бухьен гьабуна росдал гӏолилазулгун, ригьалде рахаразулгун, мажгиталъул дибирасулгун, цӏаларал чагӏазулгун. Гьесда бичӏчӏана пачалихъальул загӏипабго къайимлъиялъ иш цебехун унареблъи, рухӏияб гъункиялда цадахъго материалияб кумекги хӏажалъулеблъи. Къокъабго заманалда жаниб депутаталгун цадахъ рекъон гьес гӏуцӏана росдал жамгӏияб совет, щибаб къватӏалъул вищана жавабияв. Гьесда тӏадаблъун гьабуна жиндир къотӏноб гӏумру гьабулел гӏадамазул масъалабазул хӏакъалъулъ администрациялда рагӏизаби, гьел тӏураялъе нухал ралагьи, гьединго администрациялъ гьел тӏураялъеги квербакъи гьаби.\nНалогал кколелъуре унел рихьана\n«Бакӏалъулаб нухмалъиялда хурхарал къануназул кагътида хъвайхъвагӏай гьаби гурони, цо-цо хӏакимзабазда божун чӏани, гьел тӏубанго гӏумруялде рахъинаризе захӏмалъулеб букӏин бихьана. Гьеб мехалда хӏукму ккана умумузул гӏадат-гӏамалаздаса лъикӏабщинаб тӏаса бищун, росдае пайдаялъе ресал цӏехезе — мискинабго росдал бюджет махӏ сунтӏизецин гӏолеб гьечӏелъул, рес бугез кумек гьабеян, росуцоязде ахӏи базе. Хадубго росдал администрациялъул тӏубараб къедго цӏураб хитӏабги хъвана: «Заплатите, пожалуйста, налоги», — абун.\nТок, газ, лъел каналал къачӏай, къватӏазде чабах бай, сардилъ канлъи гьаби гӏадал тӏурачӏого рес гьечӏел ишазе налогал росдае пайдаялъе хвезарулеб букӏин бихьидал, налогазул бачӏин 70-80 проценталдениги бахана. Цере абуни халкъалъухъа гьел 10-15 проценталъ гурони ракӏарун бажарулароан.\nГьединго росулъ гьабулеб хӏалтӏиги байбихьана цебе росдал магъилъ боцӏи кваналел бакӏазул гӏорхъаби чӏезариялдаса, вехьасда цебе гуреб, «самоволкаялда» боцӏи таразе бичӏчӏикьей гьабиялдаса, къватӏаздаса чороклъи-рищни нахъе баччиялдаса.\nТӏоцебесеб дир гьариялдалъун гӏадамаз гӏарацги бакӏарун, эхетизабуна росулъ Кӏудияб Ватӏанияб рагъда тӏагӏарал росуцоял ракӏалде щвеялъе гӏарасги, гьабуна паркги. Гӏисиназегун чӏахӏиязе хӏухьбахъиялъе санагӏалъаби руго гьенир, лъималазе атракционалги руго, харабазе рагӏдукь чӏезе санагӏалъабиги гьаруна, берцинал гъутӏбиги чӏана», — ян бицана Загьидхӏажица.\nШкола, мадраса, мажгит\n1990-абилел соназда тӏадеги гӏадамал гочун рачӏиндал, Цветковкаялда гӏуна 1700-гӏанасеб цӏараки, 5500-гӏанасев чи. Руго жеги законияб къагӏидаялъ хъвай-хъвагӏай гьабичӏелги. Жамагӏат кӏодолъиялъ росдал мажгит, лъималазул къадар цӏикӏкӏиналъ къварилъана ясли-ах, школа.\nНормативазда бихьизабуралдаса лъабго-ункъо нухалъ цӏикӏкӏарал лъимал гьенир ругониги, пачалихъалъ тасамахӏго тун буго цӏияб школа, ясли-ах баялъул иш. Азарго батӏияб багьана батун, гьанжеялдаса 10 соналъ церего тӏуразе кколел рукӏарал суалал жакъаги «магӏида далун» тун руго. Гьединабго хӏал буго администрациялда гьоркьоре унел Серебряковка, Виноградное росабалъги. Виноградное росулъ гьечӏо, хӏатта гьекъолеб лъимгицин.\nЦо заманалда росдал школалъул директор Хӏава Хӏажиева йикӏана ургъалилъе ккун, пачалихъалъул къануназда рекъон, школлъималазе хинал хӏажатханаби рукӏине кколел ругин, амма школалъул сверухълъиялда гьел разе бакӏги гӏарацги гьечӏилан. Гьеб рагӏидал Къагьиров Сабигулаца школалъе кьуна гьениб аскӏобго цун жиндие мина базе кьун букӏараб ракь.\nКӏиго тӏалаялъул берцинаб мина бана гьениб росдал садакъаялдалъун. Тӏоцебесеб тӏалаялда лъуна хьитал чуризе лъел кранал, жаниб васазе цо рахъалда, ясазе цогидалда — гьаруна хӏажатханабиги, какичуриялъе санагӏалъабиги.\nКӏиабилеб тӏалаялда гьаруна лъималазеги сверухълъиялда бугеб авалалъул халкъалъеги жамагӏат-как базе рес бугел рукъзал: бихьиназеги руччабазеги батӏаго.\nЦветковка росдал администрациялъгун жамгӏияб советалъ дандги бан, чанго соналъ цебе хӏукму гьабуна 45/45 метра роцада бугеб лъабтӏалаяб мажгит базе. 2019 соналъ кьучӏ лъураб гьелъул жакъаялде тӏоцебесеб тӏала маххбетоналъул гьабун, кӏиабилелъе арматура хьухьун, опалубкаби лъун, рагӏалде бахъунеб буго. Балебги буго цоги бакӏаздаса кӏудияб кумек гьечӏого, жамагӏаталъ бакӏарараб садакъаялдалъун. Цебего бан лъугӏун, хӏалтӏулеб буго спортзалги цадахъ бугеб Къуръан малъулеб лъабтӏалаяб мадраса. Гьенисан гьанжеялдего гӏезегӏан хӏафизалги (Къуръан рекӏехъе лъалел) рахъана.\nМажгиталде унеб нух гӏазу-цӏад байдал цӏакъго санагӏат гьечӏеб букӏун, гӏадамаз гӏарацги бакӏарун, 300-400 метралъул манзилалда бетон тӏуна гьенибе.\nОлимпиадаялъул призёрги UFC-ялъул къеркьохъанги\nРосу рагӏалда совхозалъул бачӏин жаниб цӏунулеб букӏараб кӏудияб склад тӏаса тӏох бахъун щиб, ращадал къадал риххун щиб, жанир гъутӏбиги раккун, чӏахӏица цӏун, бетӏергьанчи гьечӏого, чӏунтулеб букӏана.\nРосдал гӏолохъабаз жидее спорталъе санагӏат гьабизе ресал цӏехезе лъугьиндал, гьеб склад гугарухъабазе кӏудияб зал хӏисабалда къачӏазе бугилан ахӏи бана. Гьеб мехалдаги гъираялда кьуна кванхисез жидерго лъималазе, гӏолохъабазе лъикӏаб ишалъе гӏоло садакъаде гӏарац. Къокъабго заманалда жанир къачӏана къадал, гьабуна бетоналъул чӏабар, лъуна маххул тӏох, тӏиритӏана жанир «олимпийский» роценазул ургал.\nТренерал Мурад ва гьесул вас Жамал Ахӏмадудиноваз кӏвахӏ гьечӏого гьабулеб хӏалтӏул хӏасилал гьанжеялде загьирлъунги руго. Цветковкаялдаса Сагӏид Мухӏамаев вахъана 23 соналде щвезегӏан гӏолилазда гьоркьоб тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун. Россиялъул чемпионаллъун рахъана Эльдар Ахӏмадудинов, Мухӏамад Мухӏамаев, Камил Гӏизудинов. Гӏезегӏанго кӏудияб буго Россиялъул, Дагъистаналъул даражаялъул къецазда призалъул бакӏал ккуразул сияхӏги.\nКванхисез жидераллъунго рикӏкӏуна Олимпиадаялъул гӏарцулав призёр Мухӏамадхӏабиб Къадимухӏамадовги Лас-Вегасалда UFC-ялъул къецазда чӏел босарав Абубакар Нурмухӏамадовги. Гьев кӏиясулго улбул Кванхиса ккола.\nКинго рес гьечӏо гьеб гугарухъабазул къебелъиялъе Аллагь разилъи тӏалаб гьаби гуреб, цоги мурад гьечӏого директорлъи гьабулев, гӏемерисеб заман гьеб ишалъе кьолев Кунтахӏажи Гӏумаровасе рецц гьабичӏого. Хӏалчӏахъаги гьесул!\nГӏор щун букӏаго, цӏул бахъеян абун бугелъул, цо иш берцинго тӏубайдал, Загьидхӏажида ракӏалде ккун буго росу бакьулъ кӏудияб спорткомплес баян республикаялъул нухмалъулезухъе ине. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб комплексалда жаниб цолъизабизе ккола стадионги, бокьарал къецал жанир тӏоритӏизе бегьулеб спортзалги, тӏадагьаб атлетикаялъул спортсменазе рекеризе, кӏанцӏизе санагӏалъаби ругеб, тӏасан къараб, 25 метралъул халалъиялда бассейнги. Меликовасухъеги щун, гьелъие разилъи щун буго бегавуласе.\nСпорткомплекс тӏад кӏудиял харжал гьаризе кколеб жо букӏун, районалъулгун республикаялъул гӏемерал чиновниказул гъулбасал хӏажалъулел руго. Жакъа хӏалтӏи унеб буго гьелъие проект бахъиялда, смета гьабиялда, архитекторалинженеразулгун гӏакълу дандбаялда хурхун. Аллагьасул квербакъиялдалъун исана гьеб базе хьул бугин бицана бегавулас.\nГьединго «Трезвая Россия» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъ воркауткомплекс абураб тренировкабазул бакӏги гьабун буго Цветковкаялда.\nДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялде гьабураб чанго сапаралъул хӏасилалда, тӏад газон тӏибитӏизе хутӏараб, 63/33 метр роцада бугеб футбол хӏалеб майданги буго гьениб гьабун.\n«Оппозициялъеги баркала»\n— Загьидхӏажи, совхоз биххун хадуб росдал мал-мулкалда сверухъ кинал хиса-басиял ккарал?\n— Жакъа росдал цӏикӏкӏарасеб ракь буго гӏадамаз жиндаса пайда босулеб. Гӏаммаб магӏишат биххун хадуб жидее щварал ракьазда (паял) гьарун руго бахчаби. Гьездаса щолеб бачӏиналъ хьихьун буго гӏадамазул саламатабго къадар. Щвараб хӏалухъин тӏолабго бичунги унебани, захӏматалъул рахъиги гӏодобегӏанаб букӏинчӏебани, росдал цӏикӏкӏарасел гӏадамал лъикӏаб ресалда рукӏинаан. Техника, ракь беэн гьабулел жал росизе сурсатал гьечӏолъиялъ ва хӏажатаб заманаялъ лъим лъалъадизе щунгутӏиялъги гьабула гӏезегӏанго квалквал.\nГьелдаго цадахъ захӏматаб масъалалъун буго росдал гӏадамазе минаби разе ракьал гьечӏолъи, къватӏал, нухал берцинго къачӏаялъе сурсатал гӏолел гьечӏолъиги.\nРуго гьаб заманалъул церетӏурал къагӏидабаздаса пайда босиялъул мисалалги. Масала, чанго сон буго Салман Мухӏамадов абурав чиясул налъуда босун техникагун, лъим щоларел ракьазда (280 гектаралда) каналал рахъун, чекал гьарун, жидее паял щварал гӏадамазул разилъиялдалъун гьениб пиринчӏ хьалеб. Щибаб соналъ щвараб хайиралдаса гьес рецӏула налъабиги, босула цӏияб техникаги, кьола хӏалтӏухъабазе мухьги. Кӏочон толаро Аллагь разилъиялъе гӏоло жамагӏаталъе гьабулеб хӏалтӏиги.\nИсана гьанжеялдего рекьуде къачӏан, хӏадур гьабун буго кӏиго «Кировец», кӏиго «Беларусь» тракторал, хадур гьакал рараб кӏиго КамАЗ, Голландиялда гьабураб, электроникаялъ хӏалтӏизабулеб кӏиго комбайн. Росдае чӏахӏияб техникаялъул хӏажалъи ккани, цӏатариялъухъгицин гӏарацги босичӏого, кьола Салманица гьеб – цадахъ жиндирго хӏалтӏухъангун.\nДир хӏисабалда, гьединал чагӏазухъ букӏине ккола ракь.\n— Гьаб нилъер гара-чӏвариялда жанир дуца рехсарал цоги гӏезегӏанго жал руго хъвачӏого хутӏулел. Масала, росулъ Культураялъул кӏалгӏа чӏунтулеб букӏун, гьеб ремонт гьабизе ккеялъул, школалъе, Серебряковкаялда бугеб больницаялъе, администрациялда гьоркьоре унел цогидал идарабазе кумек гьабиялъул…\nГьединго магӏарухъгицин рахьдал мацӏалде кӏвар загӏиплъулеб мехалда, гьаниб лъарагӏлъиялда нужер школалъул директор Хӏава Хӏажиевалъги магӏарул мацӏалъул мугӏалим Мухтар Мухтаровасги кӏвахӏ бахъун, цогидал росабазул школаздаса цӏикӏкӏун магӏарул мацӏалъул дарсал цветковкаялъулазе кьолел руго. Адабият, маданият цӏуниялде кванхисез умумулъанго кьолеб кӏвар батила гьеб.\n— Жакъаялде росулъ балеб мажгиталъе, школалда аскӏоб бараб рацӏцӏалъиялъул рукъалъе, спортивиял объектал раялъе, нухал гьариялъе, къачӏаялъе, рикӏкӏен гӏемерал пайдаял цогидал хӏалтӏабазе бакӏарун буго анцӏ-анцӏ миллион гъурущ. Жидерго боцӏи Аллагьасул нухда хвезаби гуребги, халкъалъе бичӏчӏи кьей гьабулел, дирги росдал дибир Абулмуслим-хӏажиясулги кваранаб квер гӏадал гӏадамал гӏемер руго росулъ. Дица кӏудияб баркала загьир гьабула киб, кида бугониги пайдаял ишазе хьолбохъ ратулел жамагӏатчагӏи Анаб Мухтаровасе, росдал советалъул хӏубилъун чӏолев Шагьрудин Шапиевасе, Шапихӏажи Мухӏамаевасе, Шамил ва Амин Къагьировазе, Рамазан Насибовасе, Исрапил Къебедовасе, Мухӏаммад Хангереевасе ва гӏемерал цогидалги росуцоязе.\nРосдал хъулухъазда гӏемерисеб мехалъ сапаразда вукӏунев дир ишал жинца тӏуралев дир заместитель Сагӏадулаеги администрациялда хӏалтӏулел ясазеги баркала. Хасаб рецц буго дида цадахъ хӏал рекъон росдал иш нухда бачунев мажгиталъул дибир Абулмуслимие.\nДие абизе бокьараб аслияб жо буго гьадинаб. Росулъ лъугьунел пайдаял хиса-басиязул аслу ккола росдал жамагӏат. Дун вуго гӏицӏго гьезул мурадал тӏуралев кумекчи. Гьединго дие кумек щола цо-цо мехалда гӏин-бер щвечӏого хутӏун, гӏумруялде рахъинчӏого тарал жалазул бадибчӏвай гьабулеб «оппозициялъулги». Гьацӏулъ хӏеги хӏанилъ расги камуларин абулелъулха.\nАхӏмад ИДРИСОВ"}
{"slug": "15908-zajnab-musaeva-islam-l-azabize-giink-aze-k-varil-i-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15908-zajnab-musaeva-islam-l-azabize-giink-aze-k-varil-i-gechio", "title": "Зайнаб Мусаева: «Ислам лъазабизе гӏинкъазе къварилъи гьечӏо»", "date": "2022-02-11 06:24:31", "categories": ["gara"], "text": "Щивав бусурбанчиясда тӏадаб буго жидерго лъималазда исламалъул рукнаби малъизе. Амма ахӏулеб какил гьаракьги рагӏуларел, хирияб Къуръан цӏалулезухъ гӏенеккизе ресги гьечӏел гӏадамаз кинха диналъул тӏагӏамги босилеб, исламалъул рукнабиги тӏуралел? Щибго рагӏуларел яги гӏинда бакӏал лъималазда кин бичӏчӏизабилеб парзазул магӏна? Гьел суалазе жавабал цӏехолаго, жиндирго васасеги, гӏинда бакӏал ва тӏубанго гӏинкъал аза-азар бусурбабазеги исламалъул рукнабиги диналъул гьайбатлъиги бичӏчӏизе кумек гьабуна сурдопедагог Зайнаб Му- саевалъ.\n2018 соналда ДРялъул муфтияталъ гӏуцӏараб гӏинкъазе диниябгун дунявияб лъай кьолеб «Жизнь без ограничений» абураб централъул нухмалъулейлъун кколей Зайнаб Мусаевалъулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Зайнаб, дуца нухмалъи гьабу- леб централда кинаб лъай кьолеб? Кинал шартӏал ругел гьанир?\n— Гӏинда бакӏал лъимал цӏакъ нечарал, гӏадамазда цере рахъине хӏинкъарал рукӏуна. Гьезие хасал школазда лъай кьуниги, гӏумру гьабиялъе хӏажатаб лъай щоларо. Щивав бусурбанчиясда тӏадаб буго как базеги, исламалъул цогидал рукнаби тӏуразеги. Гьеб кинабго малъизе эбел-инсухъа бажарулеб гьечӏо, ай гьезда лъималги, лъималазда гьелги ричӏчӏунгутӏиялъ. Гьебги хӏисабалде босун, нижеца гьединал лъималазда малъула исламалъул рукнаби, бусурбанчиясда тӏадал жал.\nЦентралда цӏализарула чӏорого, ай муфтияталъ хьихьун буго гьеб. «Инсан» фондалъ кьола кванил нигӏматалги. Киналго шартӏалги чӏезарун руго гьез. Гӏицӏго къватӏиса ахӏун рачӏарал учительзабазе кьезе ккола эбел-инсуца гӏарац, гьебги бищун гӏодобегӏанаб къадаралда.\nГӏинда бакӏал гӏадамал жамагӏаталда гьоркьор ращадаллъун гьаризе, гьезухъа бажарулеб жо гӏадамазда бихьизабизе хӏаракат бахъула нижеца. Цояб рахъ гьечӏониги, цогидаб рахъ цебетӏураб букӏуна гьезул. Рагӏулеб гьечӏониги, ракӏ цӏодораб букӏуна, гьезда ракӏалда жо лъикӏ чӏола. Гьезул къуватаб рахъги балагьун, дунялалде ва лъаялде гьезул гъира базабула нижеца.\nВас унти сабаблъун\nЗайнаб ккола Казбек районалъул Хубар росулъа. Жеги лъагӏел бачӏев вас Ахӏмадида щибго рагӏулеб гьечӏин тохтурзабаз бициндал, гӏумру чӏаралъубго хутӏанин кколаан Зайнабида. Тохлъукьего ккараб захӏматаб унтудаса хадуб гӏинкълъун буго лъимер. Киндай васасе кумек гьабилаян йикӏарай эбелалъул ракӏ гӏодобе биччазабуна лъикӏал гӏадамазул гӏакъилаб каламалъ. Лъикӏабги квешабги кинабго Аллагьасул хӏукму букӏиналде кантӏизаюна Зайнаб.\nДинияб лъай щварай гӏадан сурдопедагоглъун яхъине, гьеб рахъ гъваридго лъазабиялде кӏвар кьезеги васасул баракаталдалъун лъугьанин бицана Зайнабица.\n— Вас кӏудияв гӏунагӏан, гьев школалде унеб ригьалде ваханагӏан ракӏ хӏалакунеб букӏунаан гьесда дунял бичӏчӏизабизе бокьун, киндай кумек гьабилаян абун. Как базе малъизе гъира букӏунаан. Кин гьеб малъилебали лъаларого чарахун букӏунаан. Квер битӏун хӏажатаб жо бихьизабун гурони, нижеда лъаларо- ан васгун «кӏалъазе», гьесда щибго бичӏчӏизабизе.\nГьеб заманалда дун хӏалтӏулей йикӏана «Рисалат» тукада. Цо рузман къоялъ гьенире рачӏун рихьана лъабго гӏинкъав чи. Квераз ишараби гьарулел гьел рихьидал, интерес ккана. Унго, гьез как киндай бала, гьезда как базе лъицадай малъанаян абураб пикруялъ рахӏат толеб букӏинчӏо. Ракӏалде ккана гьел гӏадамазулгун лъай-хъвай гьабизе. Тукаде рачӏиндал гьезул цояс кагътидаги хъван бичӏчӏизабуна исламияб календарь босизе бокьун букӏин. Гьебги кьуна дица гьесухъе ва диего рахӏат толел рукӏинчӏел суалалги хъвана гьесулго кагътида. Дирги вугин нужго гӏадин мацӏ лъаларев василанги бицана. Васасда как базе ва цӏализе малъизе бокьун бугин, нужеца гьеб кин лъазабураб, лъица малъарабилан цӏехана.\nГьес жаваб кьуна исламияб рахъги бичӏчӏулел, гьебги малъулел сурдопереводчикал нилъер гьечӏин. Живги цевего Нальчикалда цӏалун вукӏанин, гӏурус мацӏалда хъвазеги, хъвараб бичӏчӏизеги гьениб малъун букӏанин, амма какил рагӏаби жинцаго лъазарунин бицана гьес. Жиндир лъадиги лъай бугей гӏадан йигин, гьелъги кумек гьабунин бичӏчӏизабуна.\nЛъадулгун лъай-хъвай гьабизе гьоболлъухъ ячӏайин, гьелъ кумек гьабилин дуеянги абун, рукъалъул адресги кьуна гьес. Васги вачун дун гьезухъе гьоболлъухъ щвана. Гьесул чӏужуялдаги щибго жо рагӏулеб гьечӏоан. 12 сон бараб мехалда унтун хадуй гӏинкълъун йигоан гьейги. Гьелъ малъулаан дунги васги цоцазда ричӏчӏизе цо-цо ишараби гьаризе.\n— Дур васасул кинаб къисмат ккараб?\n— Васасе чӏужуги ячана, кватӏичӏого гьезие тӏоцебесеб лъимерги гьабизе буго. Алхӏамдулиллагь, разиги йиго. Дир васас хъалиян цӏаларо, мехтулел жал гьекъоларо, мекъаб гӏамал гьабуларо. Какги бала, кӏалги ккола. Чӏужуялъул адаб-хъатирги гьабула. Богогьанлъун хӏалтӏизе бокьун буго гьесие. Васасе динияб тарбия щвеялдаса цӏакъ йохарайги йиго. Гьитӏинав вас колледжалда цӏалулев вуго, хӏалтӏулъ дие кумекги гьабула гьес.\nГӏинкълъи – гӏакълу мукъсанлъи гуро\n— Зайнаб, щибго рагӏулеб гьечӏо ниги, дурго васасда бусурбанчиясда тӏадал жал малъизе хӏаракат бахъун буго дуца. Чиярал, хасго бицараб жо бичӏчӏизе захӏматал лъималазе лъай кьеялъул жавабчилъи тӏаде босизе хӏинкъичӏищ?\n— Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалда хӏалтӏулаго, гӏинда бакӏазда, гӏинкъазда как базе, исламалъул рукнаби малъулаан дица. Маслихӏат гьабизе ккараб бакӏалда таржамачилъи гьабулаан. Гӏинкъазул жамагӏаталда лекциял цӏалулаан.\n2016 соналда гӏинкъазда гьоркьоб республикаялда тӏоцебесеб мав- лид тӏобитӏизе ракӏалде ккана дида. Цо-цояз абулаан гьеб кин букӏунеб жоян. Диейин абуни бокьун букӏана гӏинкъал гӏадамазе ислам лъазаби- ялъулъ, гьелде рокьи куцаялъулъ киналгӏаги гӏорхъаби гьечӏеблъи бихьизабизе. Гьенир гӏахьаллъана гӏинда бакӏалги, гьезул эбел-эмен- ги, цогидалги. Къуръан цӏали хутӏизегӏан, тадбиралда гьабунщинаб жо ишарабазул мацӏалде буссинабу- на. Гӏинкъаз ишарабазул мацӏалда театралиял сценкаби рихьизарулаан, гьеб киназдаго бичӏчӏуледухъ рагӏун бицунаан цогидаз. Нашидалги ахӏана гьенир. Гъира бугони, бокьараб жо бажарулеблъи бихьана.\nНижер централда цӏалдолезда гьоркьор къецалги тӏоритӏула. «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» тӏехьалда тӏасан тӏобитӏараб къецал- даги гӏахьаллъана нижер ясал. Ап- паратги гӏинда ххун рукӏуна гьел. Кӏалъазеги бажарула гьезухъа. Да- гьабго хисараб бугоха кӏалъай, гье- дин букӏаниги гӏадамазда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ бицуна.\nНилъецаго чӏезарулел руго гьезие гӏорхъаби. Нужехъа бажаруларин, нужеда бичӏчӏуларин абун, эбел-инсуцаги сверухълъиялъги абулеб бугони, гьединал лъималазул ботӏролъ кинал пикрабиха рижилел? Нилъеда гьелги ричӏчӏани, гьезда нилъги ричӏчӏани, гӏадатиял гӏадамаздаса расги батӏалъи гьечӏо гьезул.\n— Гьеб центр рагьизе лъида ва кин ракӏалде ккараб?\n— Гьеб букӏана нилъер муфтиясул пикруги тӏадкъайги. Республикаялда гӏинкъазда ислам малъулеб бакӏ чарагьечӏого хӏажат букӏана. Гьеб бичӏчӏун бугоан Ахӏмад-афандиясда. Гьелъие хӏажатал шартӏалги чӏезаруна муфтияталъ.\n11 соналъ цебе дирго васасда как-кӏал малъизе гӏоло къеркьолей йикӏаго, ракӏалдаго гьечӏеб иш ккана гӏумруялъулъ. Гьеб заманалда муфти Ахӏмад-афанди гӏахьаллъараб данделъиялда борхун буго республикаялда ислам малъулел сурдопедагогал гьечӏолъиялъул суал. Цинги гьес хӏукму гьабуна динияб лъай бугев чи ишарабазул мацӏ лъазабизе цӏализе витӏизе. Киданиги ракӏалде кколароан гьеб иш дида тӏадкъалин абун. Цо къоялъ росас абуна мун Динияб идараялде ахӏулей йигин. Гьение щведал бицана, Санкт-Петербургалде, сурдологиялъул курсазде цӏализе йитӏизе къваригӏун бугин абун. Дир лъимерги гӏинкъаб бугелъул, гьесие лъай кьезе къеркьолей дунги йихьун, дуца гӏадин ракӏунтун гьеб цогидаз гьабуларин бичӏчӏизабуна гьез дида. Гьениб цӏалун хадуб муфтия- талъул лъай кьеялъул отделалда хӏалтӏана ва цинги цӏияб рагьараб централда директорлъунги тӏамуна.\nЯсал цӏализарулеб гьаб мина, дин цебетӏезабиялъе кумек гьабун кьун букӏун буго Пачалихъияб Думая лъул депутат Ризван Къурбановас.\nЛъай тӏалаб гьабун вачӏарав нахъ чӏваларо\n— Кинаб ригьалъул гӏадамал нужеца централда цӏализарулел? Чан чи цӏалулев вугев ва чан жеги къабул гьавизе рес бугеб?\n— Нижер гьанир цӏалулел руго 22 яс ва 19 вас. Ясазул центр батӏаго буго, Добролюбова къватӏалъул, 16-абилеб (Е) минаялда. Васазе, Гӏахъущиясул къватӏалъул кӏиабилеб линиялда буго центр гӏуцӏун. Гьаб кӏиябго соналда жаниб как базеги, какие чуризеги малъана нижеца гӏага-шагарго кӏинусгогӏанасев гӏинда бакӏав ва гӏинкъав чиясда.\nГӏинкъазда ва гӏинда бакӏазда гьоркьоб дин босаралги гӏемерал руго. Ейск шагьаралдаса цӏализе вачӏарав васас, Нальчикалдаса, Астраханалдаса гьанире цӏализе рачӏарал ясаз босана ислам. Гьединго гӏинда бакӏазда гьоркьор хъизамал гӏуцӏизеги кумек гьабула нижеца. Гьединал лъималазул эбел-эмен кумек гьарун рачӏуна, цо багъилай яс ятани, дуда лъалелъул, йихьизаеян абун. Дица гьел рихьизарула, хадуб нужецаго бокьараб гьабеянги абун. Гьаниб нижер кумекалдалъун щугогӏаги хъизамги гӏуцӏана. Лъималги берцинаб гӏумруги буго гьезул.\n10 сон тӏубаралдаса нахъе, цӏализе вачӏарав бокьараб ригьалъул чи, рес букӏун, къабул гьавичӏого толаро. Гьабсагӏаталда лъабго класс цӏун буго ясазул рахъалда. Щибаб курсалда анкьго чи вуго цӏалулев. Гӏадатиял школазда гӏадин 15-20 чи цо классалда гӏодор рукӏине бегьуларелъул, щибаб лъимадуе кӏвар кьезе заман гӏезе ккола. Жакъа ясазул рахъалде 15 цӏалдохъан къабул гьайизе рес буго. Васазул рахъалде 20 чи жеги тӏадеги къабул гьавизе рес буго. Эбел-эмен хадур рачӏинегӏан хӏухьбахъи гьабизе рукъги буго гьезие.\nБокьилаан исламиял рукнаби лъазаризе бокьарал гӏинкъал ва гӏинда бакӏал гӏадамал, ригьалъухъ балагьун чӏечӏого, нижехъе рачӏине.\n— Исламияб дин малъиялдаго цадахъ, махщел щолеб лъай кьезе рес бугищ?\n— Нижеца централда рагьун буго бихьиназе – ювелирияб иш малъи, руччабазе – рукъарухъанлъи. Жидее щвараб махщалида рекъон, хӏалтӏи балагьизе рес букӏине буго гьезие. Исламияб темаялда дарсал кьолел сурдопедагогал гьечӏо. Нижерго гьанив хӏалтӏизе хӏадур гьавулев вуго ахирисеб курсалда цӏалулев вас. Цохӏо дир къуват ва заман гӏолеб гьечӏо цин ясазе, хадуб васазе дарсал кьезе хьвадун. Цӏали лъугӏидал гьев хӏалтӏуде восизеги вуго. Гьединазда цӏикӏкӏун ричӏчӏула жидерго гӏадаб къварилъи бугел цӏалдохъаби. Хадубккун центр цебетӏунагӏан, лъималги цӏикӏкӏанагӏан, гьединал лъай бугел студентал хӏадуризе ракӏалда буго дарсал кьезе. Гьединго тарбиячӏужулъун гьанийго хӏалтӏулей тезе, гьанийго цӏалулей ясги хӏадурулей йиго. Исана ГПКялде (педагогияб колледж) заочно цӏализеги лъугьана нижер гьанир цӏалулел рукӏарал цӏалдохъаби.\n— Хӏалтӏулъ бищун захӏматаб рахъ…\n— Бищунго кӏудияб захӏмалъи буго эбел-инсуда жидерго лъимал ричӏчӏунгутӏи, гьезул мацӏ лъангутӏи. Гӏемерисеб мехалда гьединал лъималазул эбел-эмен рачӏуна дихъе, яс абизе кканиги, васасе лъади ячине кканиги. Школалда цӏалулелъул, анкьазги интернаталда рукӏуна гьезул лъимал. Гӏодоркъоязда гурони гьел рокъоре рачӏунаро. Гьединлъидал, цо-цо эбел-инсуда бичӏчӏуларо гьединал лъимал гӏезарулаго букӏине кколеб жавабчилъи. Гьединал лъимал, школаги лъугӏун, рокъор чӏезе ва гьезул захӏмалъаби тӏуразе ккараб мехалда риххун лъугьуна эбелэмен. Яс гьаризе чагӏи рачӏун ругин, гьелъ бицараб дидаги бичӏчӏулеб гьечӏин, гьанже къваригӏун ругин сурдопереводчикалин абун рачӏуна гьел. Нижецаги бажарараб кумек гьабула.\n— Лъималгун кӏалъазе ишарабазул мацӏ малъеян рачӏунищ нужехъе гьезул эбел-эмен?\n— Малъеян абун аскӏоре рачӏунел гӏемер рукӏуна, амма цӏали рагӏалде бахъинабуларо. Гӏайибги кинха гьабилеб, гьел магӏишат гьабулел рукӏунелъул, регӏуларелъул.\nНилъер гӏумрудулъ тӏоцебесеб бакӏалда рукӏине ккола лъимал, хасго гьединал, ай нилъер цӏобалде ккарал. Нилъерго лъимадул жавабчилъи цогидазде тӏаде бегизабизе бегьуларо. Дидаги кӏвелаан цӏализе витӏун васгун, нужеца малъейилан чӏезе. Дица тӏаса бищана дирго лъимада лъикӏаб малъизеги, квешалдаса цӏунизеги кколеб къагӏида.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "15912-l-itsa-guk-un-bugeb-prezidentasishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15912-l-itsa-guk-un-bugeb-prezidentasishch", "title": "Лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?", "date": "2022-02-11 06:37:10", "categories": ["pismo"], "text": "Нижер районалда буго 5 батӏияб мацӏ: авар, кӏаралазул, гӏахьвалазул, багвалазул ва тӏукадерил. Гьединлъидал, лъица щиб бицаниги, авар мацӏ рахьдал мацӏлъун кколаро кӏараласе, гӏарчосесе, гӏанчихъесе, тӏарадаинхелосесе, рацилъесе, маштадасасе, рачабулдасесе, гьединго авар мацӏ рахьдал мацӏлъун кколаро тӏадмагъилъесе, кӏудиябросулъесе, лологъонилъесе, изаносесе, лъибищосесе, лъисисесе ва тӏукитӏесесе.\nГьезул эбел-эмен лъималаздаги кӏалъала жидерго рахьдал мацӏалда. Советияб власталда цебе гьел росабазул гӏадамазул гӏемерисезда лъалебги букӏун гьечӏо жидерго мацӏ гурони. Мунагьал чураяв дир эмен 1936-1937-абилел соназ Изано росдал школалъул директорлъун вукӏана. Гьес бицунаан гӏемерисел изандерил кӏудиял гӏадамазда, хасго руччабазда, авар мацӏ лъалароанин абун.\nАвар мацӏ ккола авар миллаталъул жидедаго гьоркьоб бицунеб мацӏ. Гьединлъидал литературияб авар мацӏ малъизе байбихьараб советияб заманалда гьеб лъугьана кӏиабилеб рахьдал мацӏлъун дица тӏадехун рехсарал жидерго мацӏал ругел росабазул гӏадамазеги. Масала, цӏолодисесда кӏаралазул, гӏахьвалазул, тӏукадерил яги лъибщадерил (багвалазул) мацӏ лъаларо. Амма кӏаратӏисесда, гӏахьваласда, тӏукитӏисесда, лъибищосесда цӏолодисесдасаги лъикӏ лъала литературияб авар мацӏ.\nЖакъа ахӏи бахъун буго авар мацӏ кӏочон тезехъин бугин, гьелъие гӏайибияблъунги бихьизабула улкаялъул хӏукумат. Ахирияб заманалда гӏадатлъун лъугьун буго кинабго мекъабщиналъул гӏайиб президентасдеги хӏукуматалдеги рехизе.\nХӏакъикъаталдаги гьединищха бугеб?\nЦебе заманалда кӏаралазул мацӏ бицунеб Сивухъ росу гочун буго гьанжесеб Гӏахьвахъ районалъул ракьалдаса Гумбет районалъул ракьалде. Хадур гьел гочинарун руго Чачаналде, цинги — Хасавюрт районалде. Амма щайха, кире гочаниги, гьезда жидерго рахьдал мацӏ кӏоченчӏеб?\nРагъул соназда гӏахьвалазул Тӏунсикь росу гочинабун буго Чачаналде, хадуб — Хасавюрт районалде. Гьанже гьел руго Советское (Гъарасуй) абулеб росулъ. Щайха гьезда жидерго рахьдал мацӏ кӏоченчӏеб?\nРагъул соназда Гӏахьвахъ районалъул Рацилъ росдал гӏадамал гочинарун руго Чачаналде, хадур — Хасавюрт районалъул Кокрек росулъе. Гьезги кӏочене течӏо жидерго мацӏ.\nГьел мисалаз нугӏлъи гьабула рахьдал мацӏ лъималазда лъазе букӏиналъе, эбелалъ рахьгун цадахъ бицунеб бугони Президентасги хӏукуматалъги гуро, бабацаги дадацаги бицине ккола.\nРачӏа гьанже авар мацӏ унго-унголъунги рахьдалаблъун кколеб росулъе сверилин. Местӏерухъ росдал ясли-ахалъул лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъалел руго авар мацӏалдасаги лъикӏ. Гьеб лъан лъикӏ. Амма шагьаралда гӏумру гьабун ругел местӏерухъезул гӏемерисел лъималазда лъалебищха авар мацӏ? Гьезул дадаги бабаги авар мацӏалъ лъималазда кӏалъазе лъица гьукъун бугеб? Президентасищ яги хӏукуматалъищ?\nКӏудияб гӏелалъ ракӏалде щвезабе Дагъистан АССРалъул герб. Гьелда хъван букӏана гӏурус ва Дагъистаналъул аслиял миллатазул мацӏаз «Киналго улкабазул пролетарал, цолъе нуж» абун. Гьединабго букӏана ДАССРалъул тӏадегӏанаб советалъул указал рахъулеб бланкги. Лъицаха гьукъун рукӏарал Дагъистаналъул депутатал Герб тасдикъ гьабулелъул гьелда сверун гӏурус ва аслиял миллатазул мацӏаз «Чӏахъаги Дагъистан» абун хъвазе?\nГьел гурищ халкъалъ рищарал чагӏи рукӏарал жидерго халкъалъул мацӏги, цӏарги, гӏадатги, гӏадлуги цӏунизе.\nЦебе щибаб росдал советалъул печаталда (мугьруялда) хъван букӏунаан гӏурусалъги ва жидерго миллаталъул мацӏалъги. Масала, «Исполком Каратинского сельского совета народных депутатов» абун. Ва авар мацӏалъги – «Кӏаратӏа росдал халкъиял депутатазул советалъул исполком» абун. Жакъа щай гьедин хъвалеб гьечӏеб? Дагъистаналъул Конституциялда гурищ бихьизабун бугеб Дагъистаналда пачалихъияб мацӏлъун кколин гӏурус ва цогидалги миллатазул мацӏалин абун.\nЛъица гьукъун бугеб? Президентасищ?\nСоветияб заманалда обкомпартиялъул пленумазда, конференциязда, гьединго генералияв секретарас съездалда гьабураб докладцин миллиял мацӏаздеги руссинарун рахъулаан газетазда. Районазул газетаздаги рахъулаан гьебго къагӏидаялъ. Жакъа гьедин гьабизе лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?\nРайоназул газетазул редакциялги типографиялги хӏебтӏизе гӏарац кьола районазул администрацияз. Щай абуни гьезулги ва районазул собраниязулги гӏемерисел кӏвар бугел хӏукмаби къуваталде лъугьунаро газетазда рахъичӏони. Цо чамалиго соналъ цебе хасал гӏадамаз жидеего хайиралъе гӏоло хӏаракат бахъулеб букӏана аваразул районазда ругел типографиялги редакциялги къан, районазул газетал къватӏире риччазе «Хӏакъикъат» газеталъул тӏамчал (приложениял) хӏисабалда. Гьеб къабул гьабичӏо ва инкар гьабуна тӏоцебе Гӏахьвахъ райадминистрациялъги. Гьайгьай, гьедин гьабиялъе гӏилла букӏана «Хӏакъикъат» хъвалезул ва цӏалулезул къадар цӏикӏкӏинаби. Амма газета цӏикӏкӏун хъвазе ккани, гьеб букӏине ккола цӏализе гъира балеблъун. Гьединаб газета гьабиги бараб буго мухбирзабазул ва редколлегиялъул махщалида. Жакъа миллатазул мацӏалги цӏаралги цӏуни, цо къадаралда, бараб буго, дир пикруялда, миллатазул мацӏазда рахъулел газеталгун журналазда. Гьаб заманалда инсанасухъе батӏияб-цӏияб хабарги лъугьа-бахъиналги газеталгун журналал къватӏире рачӏиналдего щола. Гьединлъидал мухбирзабаз, редколлегиялъ гӏадамазухъе кьезе ккола макъала магӏнагун ва битӏун бичӏчӏулеб, пайда босизе бегьулеб къагӏидалъ. Нилъер аваразул газеталда щай бегьулареб щибаб соналъ хас гьабун бицине цо районалъул, районазул газетазда — цо росдал. Щиб, нилъер росабиги районалги бицине тарих гьечӏелищ ругел? Бицине ккола жакъасеб заманалъулги, лъикӏалъулги квешалъулги, ругел гӏузрабазулги, гьел тӏуразе ругел нухазулги хӏакъалъулъ. Гьелъие бутӏрул хӏалтӏизе ккола бетӏерал редакторзабазулги.\nЦӏакъ гӏемер бицуна тарихалъул. Гьеб лъазе ккола. Бицуна гӏадатазул. Гьебги лъазе ккела. Ва амма жакъа къойилго бицаниги, телевизоралдасан бихьизабуниги, дир чӏужу гӏеретӏги босун инадайха лъел цӏезе къулгӏадухъе, умумузул чергес-хъабалоги ретӏун.\nБищунго квачараб хасел бакьулъ рахинадайха «Булъаде» дирги цогидазулги васал лал тӏамизе.\nБицине ккела умумуз нилъее ирсалъе тараб гӏаданлъиялъулги, адабалъулги, яхӏ-намусалъулги, иманалъулги, исламалъулги, гьудуллъиги, гьалмагълъиги, гьуинлъиги, гьоболлъиги цӏунизе ккеялъулги. Чороклъиялдаса рацӏцӏалъи лъикӏаб буго, кьалда рукӏиналдаса ракълида рукӏин цӏакъаб буго, квешлъиялдаса лъикӏлъи беццараб буго. Гьеб кинабго лъикӏабщинаб босизе ва бицине ккани, инсанасда лъазе ккола мацӏ. Аварасда — авар мацӏ, чачанасда — чачан мацӏ. Гьединлъидал нилъер лъималазда рахьдалги миллаталъулги мацӏ лъай бараб буго, тӏоцебе эбел-инсуда, хадуб — миллатазул мацӏазул газетазулгун журналазул хӏалтӏухъабазда, хъвадарухъабазда, кучӏдул хъвалезда ва ахӏулезда. Нилъеца малъичӏони, мацӏги лъаларо, нилъеца кьечӏони, тарбияги щоларо, нилъеца адаб цӏуничӏони, нилъерги адаб гьабуларо. Нилъеда цебеса гьеб гьабизе нилъехъе хӏукуматги министралги рачӏунаро.\nАллагьас икъбалги къуватги кьеги.\nХасмухӏамад Муслимов,\nЗахӏматалъул ветеран, ДРялъул муниципалияб хъулухъалъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан"}
{"slug": "15984-koronavirusalde-dande-k-erkej-chuchize-tun-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15984-koronavirusalde-dande-k-erkej-chuchize-tun-gechio", "title": "Коронавирусалде данде къеркьей чучизе тун гьечӏо", "date": "2022-02-17 04:07:02", "categories": ["med"], "text": "ДРялда коронавирус тӏибитӏизе биччангутӏиялъул Оперативияб штабалъул баяназда рекъон, 14 февралалда республикаялда коронавирусалъул унти тӏатана 601 чиясул, 154-яв больницабазда регизаруна, 527 чи сахлъана, 10 чи хвана. 60 ва цӏикӏкӏун сонал раразе республикаялда лъазабун буго самоизоляциялъул къагӏида, вакцинация гьабурал ва хӏалтӏуда ругел гӏадамазе хутӏун. Чара гьечӏеб къваригӏелалъ гурони гӏемер къватӏире рахъунгеян лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъги. Тӏадехун рехсарал баяналги малъа-хъваялги кин къабул гьарулел ругел гӏадатиял гӏадамаз? Гьабулеб бугищ коронавирусалдаса цӏуна-къай? Тахшагьаралъул жамгӏияб транспорталда бихьула коронавирусалдаса цӏуниялде гӏемерисез кӏвар кьолеб гьечӏолъи. Жамгӏиял бакӏазда гӏемер данделъуларел районаздагицин мех-мехалда цӏакъго цӏикӏкӏун батула коронавирусалъ унтаразул къадар. Чара гьечӏого къватӏире рахъине, росабалъа росабалъе хьвадизе гӏурхъаби чӏвалел тадбирал гӏуцӏун рукӏана кӏиго анкьалъ цереккун Гӏахьвахъ районалдаги.\nГӏахьвахъ Районалда коронавирусалъул инфекция бугезул къадар цӏи кӏкӏиналда бан 27 январалдаса тӏоцебесеб апрелалде щвезегӏан гьукъун букӏана кванил тукаби хутӏизегӏан цогидал тукаби хӏал тӏизеги, чара гьечӏого хӏажатаб къваригӏелалъ гурого росабалъа росабалъе хьвадизеги, мажги- тазда, гӏемерал гӏадамал данде ракӏарулел тадбиразда данделъи- зеги. Регионалъулал ва федералиял информациялъул хъулухъаз гьеб къоялъго хабар тӏибитӏизабуна Гӏахьвахъ районалда росабалъа росабалъе нухал къан ругин, гӏицӏго хехаб кумекалъул, токалъул хъулухъалъул, полициялъул ва администрациялъул хӏалтӏухъабазе хутӏизегӏан абун. Гӏурхъаби чӏвалел тадбирал лъазарун рукӏана районалда анкьида жаниб коронавирус 37 чиясде бахун батиялъул хӏасилалда. Гьединго районалъул школазда цӏалдохъабазда ва учительзабазда гьоркьоб гриппги тӏибитӏун букӏана. Талихӏалъ, коронавирусалъул унтуда бан гӏурхъаби чӏвалел тадбирал цӏакъго халат рахъинчӏо, 10 февра\u0002лалда Гӏахьвахъ райадминистрациялъ гьеб къагӏида къотӏизабуна. Гьелъие гӏиллалъунги ккана коронавирусалъ унтулезул къадар дагьлъи. «Лъабабилеб марталда гьарурал хал гьариязда рекъон, ПЦР-тестаз бихьизабуна 179 чиясда коронавирус бугин абун. 10 февралалда цӏидаса кьурал анализазда рекъон, гьезда гьоркьоса 53 чиясда коронавирус батичӏо. Гьелда бан, райадминистрациялъ цебехун, ай 27 январалда лъазабун букӏараб гӏурхъичӏваялъул тадбиразул къагӏида хисизабуна. Муфтияталъул ва ДРялъул бетӏерав санитарияв тохтур Н. Павловасул лъазабиял хисизарулел гьечӏо», — ян абун хитӏаб гьабуна Гӏахьвахъ районалъул администрациялъ районцоязде. Коронавирусалъул рахъалъ гьал къоязда районалда бугеб ахӏвалхӏалалъул хӏакъалъулъ нижеда бицана Гӏахьвахъ районалъул ЦРБялъул инфекционист Гӏабдула Патхӏудиновас: «Коронавирус тӏибитӏиялъул рахъалъ районалда ахӏвал-хӏал гӏодобе биччалеб буго. ПЦРанализал нижеца кьола анкьида жаниб лъабго нухалда. Щибаб нухалда 20-30 чиясда бахун батула коронавирус (ПЦР-положительный). Больницаялда регаразул ва батӏи-батӏиял росабалъа унтаразул 200- 220 ПЦР-тест гьабизе битӏула, гьезда гьоркьоса 20-30 чиясда коронавирус бугин абураб жавабги бачӏуна. Коронавирус унти бахарал, амма захӏматго унтичӏел гӏадамазерокъобго гьабизе дару хъвала, поликлиникаялдаса дарабиги чӏорого кьола. Хадуб, анкьидасанги кьола гьез анализал, коронавирус батичӏони, хӏалтӏуде рахъине бегьулинги лъазабула», — ян бицана Патхӏудиновас.\nГъуниб\nГьал къоязда хабар тӏибитӏун букӏана Гъуниб районалдаги коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏун бугин абун. Районалда коронавирус унти тӏибитӏиялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏал цӏехон ниж кӏалъана Гъуниб ЦРБялъул бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Мухӏамад Шапиевасухъе.\n— Коронавирусалъ унтаразул рахъалъ ахӏвал-хӏал букӏаралдаса хисараб жо щибго гьечӏо, унтулезул къадар цӏикӏкӏунги гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, дагь-дагьккун гӏодобе кколеб буго. Гьедин букӏаниги, ниж гӏодоре риччан чӏун гьечӏо. Вакцинациялъул ва коронавирус тӏибитӏизе биччангутӏиялъул рахъалъ хӏалтӏи гьоркьоб къотӏичӏого гьабулеб буго, — ян бицана гьес. Шапиевасул баяназда рекъон, больницаялда сах гьарулел руго коронавирусалъ унтарав 10 чи, рокъобго дару гьабулеб буго 30 чиясе. Районалда коронавирусалде данде вакцина гьабун буго 8693 чиясе.\nРеспубликаялъул цогидал районазда коронавирусалъул ахӏвал-хӏалалъул статистика кьун буго Оперативияб штабалъ. Гӏорхъолъа ун унтаразул къадар цӏикӏкӏиналда бан гӏурхъичӏваялъул тадбир лъазабураб цогӏаги район гьечӏо гьезда гьоркьоб. Масала, Бежтӏа участокалъул ЦРБялъул вакилалъул рагӏабазда рекъон, больницаялда коронавирусалъ унтун вегун вуго ункъо чи. Рокъобго дару гьабулеб буго анлъго чиясе. Къойилго гьарулел ПЦР-тестазул хӏасилалда лъабго яги щуго чиясул коронавирус унти тӏатунеб буго.\nОмикрон бигьаго тӏаса рехула\nАхираб заманалда коронавирусалъ унтарал лъималазул къадар цӏикӏкӏунеб бугин бицунеб буго инфекционистазги поликлиникабазул тохтурзабазги. Чӏахӏиязецин захӏматаб унти кин хӏехьолеб бугеб лъималаз, кинал захӏмалъабигун гьел дандчӏвалел ругелали цӏех-рех гьабун ниж щвана Махӏачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялде. — Нижер поликлиникаялда март моцӏалде щвезегӏан «Здоровый прием» гьабулеб гьечӏо. Лъималазул ригьалда рекъон, сахлъиялъул хал гьабизе яги календаралда рекъон прививкаби гьаризе рачӏине кколел эбел-инсуда лъазабун буго поликлиникаялде рачӏунгеян. Гьединал тадбирал гьарула школазда ва ясли\u0002ахазда гриппалъ, ОРВИ ва цогидалги рахунел унтаби ругел лъималазул къадар цӏикӏкӏиндал. Унтарал лъимал нижеца къабул гьарула. Цӏа-кан бахарал лъимал къабул гьарулеб хасаб кабинетги буго нижер поликлиникаялда. Цӏикӏкӏун руго грипп, ОРВИ, коронавирус унти бахарал лъимал. Лъималазул цӏа-кан бахун рокъоре цӏикӏкӏун ахӏулел руго ниж цебеял\u0002де дандеккун. Масала, шамат къоялъ радал сагӏат ичӏго тӏубаралдаса цо тӏубазегӏан дежурствоялда йикӏана дун. Гьеб заманалда жаниб 16 лъимер бачӏана поликлиникаялде. Гьезда гьоркьоса 9 лъимадулъ коронавирус батана. Гьанже баккараб «омикроналъ» унтарал цӏикӏкӏун руго лъималазда гьоркьор, амма больницаялде ккечӏого, рокъоб дару гьа\u0002бун сахлъизаризе кӏолелги руго гьел. Кӏиго-лъабго къоялъ цӏа-кан бахунеб буго. Щекъер дагьабго багӏарлъулеб буго. Цӏа-канги цӏакъго цӏикӏкӏараб гьечӏо (37-37,6 градус). Гьединал унтаразе бихьи\u0002забула гӏадатияб грипп унтиялъего гӏадаб дару. Лъимадул иммунитетги лъикӏаб бугони, рокъобго лъикӏаб хъулухъги гьабулеб бугони, гьеб хехго сахлъула. Захӏматго унтарал къанагӏат гурони дандчӏваларо. Коронавирусалдаса цӏунизелъун поликлиникаялда 12-17 сон барал лъималазда гьоркьоб, эбел-инсул изнуялдалъун, вакцинацияги гьа\u0002булеб буго. Ахираб заманалда эбел\u0002эмен жалго рачӏунел руго прививка гьабизе лъималги рачун, — ан бица\u0002на рехсараб поликлиникаялъул пе\u0002диатр Патӏимат Шамсудиновалъ.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "15992-melikovasgian-giemer-giarats-bichchalaroan-afg-anal-ulaze", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15992-melikovasgian-giemer-giarats-bichchalaroan-afg-anal-ulaze", "title": "«Меликовасгӏан гӏемер гӏарац биччалароан «афгъаналъулазе»", "date": "2022-02-17 08:20:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 февралалда ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов дандчӏвана республикаялъул «афгъаналъулалгун». Гьелъие гӏиллалъун ккана 15 февраль советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачараб къо букӏин. Гьелдаса нахъе ана 33 сон.\nГьеб дандчӏваялда гьоркьоб лъураб аслияб лъабго суалалъул цояб букӏана афгъаналъулазе жанир чӏезе рукъзал къваригӏун рукӏин. Амма цересел соназда дандеккун, исана гӏезегӏан гӏарац биччалеб бугин республикаялъулги федералиялги бюджетаздасанин бицана «Хӏакъикъаталъе» Мухӏамад Хадулаевас. Гьев ккола «Российский Союз ветеранов Афганистана» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев. Гӏаммаб куцалда абуни, исана рукъзабазул сертификатал щвезе руго 249 «афгъаналъуласе».\n— Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас абуна «афгъаналъулазда» хурхун цониги суал букӏине гьечӏин тӏубазе бажарулареб. Жидеца цӏакъ кӏвар кьезе бугин гьезде. Гьединго Сергей Меликовасде щвезегӏан нилъер республикаялда гьанже гӏадин гӏемер гӏарац биччан букӏинчӏо «афгъаналъулазе». Бищун щвани, 20-30 чиясе щолаан гьеб гӏарац. Гъоркьиса абуни, 190 чиясе кьуна, исана 249- ясе щвезе буго, — ян бицана М. Хадулаевас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, ДРялъул Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул сияхӏазда вуго жанир чӏезе рукъзабазда хадур иргаялда чӏарав 450 «афгъаналъулав».\n«Гӏагараб заманалда жаниб гьезие киназего щвела гьел. 2005 соналъул 1 январалде щвезегӏан иргаялда чӏун рукӏана гьел киналго. Амма руго жеги батӏиял «афгъаналъулалги». СССР биххидал, цо-цо районаздагун шагьаразда ургъунго гьабун батаниги яги хъулухъчагӏазул тасамахӏлъиялъ батаниги, рилун руго гӏемерисел «афгъаналъулазул» сияхӏал. Гьединлъидал гьезул суал тӏубазе буго судазул кумекалдалъун», — илан абуна Хадулаевас.\nГьелдаго цадахъ жеги кӏиго суалги гьоркьоб лъун букӏана хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда – Махӏачхъалаялда бугеб «афгъаналъулазул» парк цӏи гьабиги гьезие сакъатлъи чӏезабиялъул суал роцӏинабиги. Масала, поликлиникабаздаги цогидал идарабаздаги хъулухъчагӏи рикӏаризе лъугьун, цо-цоязе захӏмалъулеб буго жидерго сакъатлъи чӏезабизе. Кир ва лъица гьединал пишаби гьарулелали бихьизе, чӏванкъотӏарал хӏужаби ракӏаризе руго «афгъаналъулаз».\nХадулаевасул рагӏабазда рекъон, гьез ДРялъул хӏукуматалда гьарулеб букӏун буго Афгъанистаналда васал чӏварал, тӏагӏарал хъизамазе кумек хӏисабалда моцӏи-моцӏие кӏиазаазар гъурущниги биччаян. Гьелъул бакӏалда 10000 гъурущ биччазе хӏукму гьабунин бицана «афгъаналъулазул» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулес."}
{"slug": "15993-tiiri-urg-el-gechio-kharbazul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15993-tiiri-urg-el-gechio-kharbazul", "title": "Тӏири ургъел гьечӏо харбазул", "date": "2022-02-17 08:25:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Жив Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетӏерасул заместительлъун тӏамунин, жинде гьабураб божилъиялъухъ баркалайин хъвана Инстаграмалда жамгӏияв хӏаракатчи Булач Чӏанкӏалаевас.\nГӏахьвахъ районалъул Ингердахъа гьев гӏолохъанчи гӏезегӏан лъикӏ лъала республикаялда, хасго Махӏачхъалаялда. Булачил лъайхъваял руго батӏи-батӏияб заманалда хъулухъазда, политикаялъулъ, спорталъулъ ва жамгӏияб гӏумрудулъ рукӏаралги ругелги гӏадамазулгун. Рахӏму-цӏобалъул, экологиялъул тадбиразулъги бищун цеве ватула гьев.\nМахӏачхъалаялъул мэр вищулеб мехалда гьеб хъулухъалде кандидатураги лъун букӏана Чӏанкӏалаевас.\nМухӏканго гьелъул хӏакъалъулъ ургъунго бицунеб буго, щайин абуни, Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетӏерасул заместительлъун тӏамунин гьес Инстаграмалда хъван хадуб интернеталдасан кутакал гьужумал гьаруна цо-цо чагӏаз.\nГьез хъвалеб букӏана цониги идараялъе нухмалъийищин Булачица гьабураб, гьединаб хӏалтӏул хӏалбихьийищин гьесул бугебилан абун. Цогидаз жаваб кьолеб букӏана ахираб 20-30 соналъ тӏадегӏанал хъулухъазда гӏадамал бечедаб хӏалбихьиги букӏунищин толел рукӏарал, гьедигӏанго цӏакъ нуж Чӏанкӏалаевасде тӏаделъизе.\nЛъабабилез махсара гьабулеб букӏана гьелейинха, Булач сабаблъун лъанин жидеда Дагъистаналда Южно-Сухокумск абураб шагьар бугеблъиго. Гьединлъидал Булачица гӏезегӏан ахӏи-хӏурги бахъинабилин гьелда сверухъ, шагьаралъул масъалабазде цӏикӏкӏун кӏварги буссинабилин абулеб буго гьез.\nЦогидаздаса рикӏкӏадегӏан кколеб букӏиналъищали, унго-унголъунги Южно-Сухокумск гьедигӏан гӏемер рехсоларо республикаялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумрудулъ.\nШагьарлъун гьеб лъазабуна 1988 соналъул 10 марталда ДАССР Верховный Советалъул Президиумалъ гьабураб хӏукмуялдалъун. Гьелде щвезегӏан гьеб рикӏкӏунаан нартихъабазул посёлоклъун. Гьелъие кьучӏ лъуна 1958 соналда.\nГьабсагӏаталда Южно-Сухокумскиялда гӏумру гьабулел гӏадамазул къадаралъухъ балагьун, гьениб 48 процент буго магӏарулазул, 21 – даргиязул, 12 – лезгиязул, 9 – тумазул, 3 – лъарагӏазул, 3 – гӏурусазул, 4 процент – цогидал миллатазул.\nГьенир руго Юрий Гагариниегун Расул Хӏамзатовасе (2008 соналда) лъурал памятникалги.\nЮжно-Сухокумскиялъул цӏар бахъидал, гӏемерисезда ракӏалде щола цо заманалда гьенив мэрлъун вукӏарав, гьанже ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун кколев Чӏарада районалдаса Эсенбулат Мухӏамадов.\nГьединго «Хевел» компаниялъул къокъаялъ Южно-Сухокумскиялда байбихьана бакъудалъун энергия кьолеб кӏудияб станция (СЭС) базеги.\nГьеле гьединаб шагьаралъул мэрасул заместительлъун тӏамун вуго Булач Чӏанкӏалаев. Гьеб хъулухъалда гьесда тӏадкъан руго социалияб сфераялъул суалал.\nГьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги ккана нижер.\n— Булач, тӏоцебесеб иргаялда, баркула дуда цӏияб хъулухъ. Кӏиабизе бугони, гьеб дур хъулухъалъ цӏакъ асар гьабулеб букӏин бихьула интернеталдасан хъвадарулел чагӏазе. Юридикияб лъайгун кинин дуца магӏишатиял суалал тӏуралелин абун хъвалеб буго гьез.\n— Дие гьабсагӏаталда щибниги ургъел гьечӏо интернеталда хъвалел ругел харбазул. Гьелда тӏад хвезабизе заманги гьечӏо. Дун гӏураб шагьар Махӏачхъала букӏаниги, Южно-Сухокумскиялда хӏалтӏизе ракӏалде ккана. Батӏалъи щиб, гьабги нилъер шагьарлъидал. Балагьилаха, гьелъул масъалаби тӏураялъе дихъа гьабизе бажарулеб жо щиб букӏинебали.\nГьел хъвадарулел чагӏиги ратила гьабизе жо тӏагӏарал. Дица гьезде гӏайибги гьабуларо. Амма унго-унголъунги дун лъикӏ лъалел гӏадамал рази руго гьеб хӏукмуялда. Батӏаго дие бадирчӏваял гьаризе бегьуларин абулеб мехги гуро. Гӏилла-мурадгун гьабулеб критикаялъе дун тӏадеги вохарав вуго. Гьелъул кӏудияб кумекги букӏинаан. Гурони, зодоса росун гӏайибал чӏваялъул магӏна щиб? Масала, цевеккун пачалихъияб идараялда хӏалтӏараб хӏалбихьи гьечӏин дирин абулеб рагӏула гьез. Щай хӏалтӏуларев, хӏалтӏана Пенсиязул фондалдаги, «Запкаспрыбводалдаги», шагьаралъул администрациялдаги. Дун жамгӏиял хӏалтӏабазда гьоркьов вихьулев вукӏиналъ, гӏицӏго жамгӏияв хӏаракатчилъун чӏун гурони, дица батӏияб хъулухъ-пиша тӏаде босизе бегьулариланищ кколеб бугебали. Лъаларо, дирго лъале-хъвалезда тӏад цониги иш къан бугилан рагӏани, дун ракӏ-ракӏалъ вохула. Аллагьас хадубккунги гьесие квербакъагиян гьарула. Амма цо-цо гӏадамал гьединал ратулел гьечӏоха.\n— Южно-Сухокумскиялда бищунго кӏвар кьезе ккарал масъалаби кинал ругел?\n— Киналго шагьаразул аслиял масъалаби цого рукӏуна – хасго рукӏа-рахъиналъулгун коммуналияб магӏишат рукӏалиде ккезаби. Гьединго буго Южно-Сухокумскиялдаги. Абухъего, дида тӏадкъан буго социалияб блок. Кӏвараб жо гьабила.\nГьумер хӏадур гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "15995-tsogi-giumru-ana-kovidal-bosun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15995-tsogi-giumru-ana-kovidal-bosun", "title": "Цоги гӏумру ана ковидалъ босун", "date": "2022-02-17 08:36:53", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "Гъоркьиса 68 сон тӏубана юстициялъул полковник Хӏайдарбег Хӏайдарбеговас. Исана 26 янва-ралда гьев ккана больницаялде – гьуърузул 15 проценталда ковидалъул унти хъинтӏун бугинги абун. Больницаялда вукӏаго, унти цӏикӏкӏана ва ковидалъ «кванан» батана гьуърузул 95 процент. Тохтурзабазухъа бажаричӏо гьесие кинабгӏаги кумек гьабун.\nДРялъул мустахӏикъав юрист, низам цӏунулел идарабазул ветеран, ритӏухълъиялъе гӏоло гӏумру кьезе хӏадурав инсан, кутакалда гӏумру хирияв ва сундулъго жигараб гӏахьаллъи гьабулев – гьединав вукӏана Хӏайдарбег. Кигӏан къеркьаниги, унтиялъукьа бергьинчӏо гьев – хӏиллаяб ковидалъ кӏиго анкьалъги кӏвекӏун, ана абадияб дунялалде.\nБольницаялде ккелалде цебесеб къоялъ ниж рукӏана цадахъ батӏи-батӏиял масъалабазул хӏакъалъулъ бицунел, махсарахочӏ гьабулел. Нижер цонигиясда ракӏалда букӏинчӏо гьеб ахирисеб дандчӏвайлъун хутӏулеблъи.\nХӏайдарбегил букӏана лъикӏаб гӏумру. Гьеб байбихьана инсуца захӏматалде рокьи куцаялдаса. Гьитӏинав вугониги, цӏодорав вугин абулаан Муртазагӏалил васасда киназго ва хьулги букӏана гьесул къадруяв чи вахъиналде. Советияб армиялда тӏадаб борчги тӏубазабун, Хӏайдарбегица лъугӏизабуна Астраханалъул цин гьоркьохъеб ва хадуб – Киевалъул тӏадегӏанаб милициялъул школа. Гӏемерал соназ хӏалтӏана милициялда, прокуратураялда, цӏех-рехалъул идарабазда. Гьесги хъизан Бахуцаги гӏезабуна ва лъикӏаб лъайгун тарбия кьун, гӏумрудул нухда регӏана лъабго вас. Гьезул цояс тӏаса бищана инсул пиша. Ана Хӏайдарбег, лъикӏал ишазул гӏемерал лъалкӏалги тун, ракӏалдещвеязулъ хасаб бутӏаги ккун, пачалихъиял шапакъатазулъ къадруяб цӏарги даим гьабун.\nХӏайдарбегил букӏана лъикӏаб гӏумру. Гьеб байбихьана инсуца захӏматалде рокьи куцаялдаса. Гьитӏинав вугониги, цӏодорав вугин абулаан Муртазагӏалил васасда киназго ва хьулги букӏана гьесул къадруяв чи вахъиналде. Советияб армиялда тӏадаб борчги тӏубазабун, Хӏайдарбегица лъугӏизабуна Астраханалъул цин гьоркьохъеб ва хадуб – Киевалъул тӏадегӏанаб милициялъул школа. Гӏемерал соназ хӏалтӏана милициялда, прокуратураялда, цӏех-рехалъул идарабазда. Гьесги хъизан Бахуцаги гӏезабуна ва лъикӏаб лъайгун тарбия кьун, гӏумрудул нухда регӏана лъабго вас. Гьезул цояс тӏаса бищана инсул пиша. Ана Хӏайдарбег, лъикӏал ишазул гӏемерал лъалкӏалги тун, ракӏалдещвеязулъ хасаб бутӏаги ккун, пачалихъиял шапакъатазулъ къадруяб цӏарги даим гьабун.\nГьаб буго, Дагъистаналъе гӏоло ракӏбацӏцӏадго хъулухъ гьабурав, жиндаги тухумалдаги чӏегӏераб тӏанкӏ лъезе рес течӏев, гӏадатияв дагъистаниясул биография. Цоги рахъалъул хӏисаб гьабуни – гьаб буго вирусалъул унтул хӏилларекӏкӏ бергьиналъул хӏакъикъат; нилъеца цӏодорлъи гьабичӏони, гьебги нилъеда гурхӏунгутӏиялъул гӏаламат.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ ракӏ-ракӏалъ зигара балеб буго Хӏайдарбегил хъизамалдаги гӏага-божараздаги. Аллагьас иманалда тӏовитӏун ватаги.\nЗ. Ильясов"}
{"slug": "15996-kiigo-k-ismat-tso-gunar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15996-kiigo-k-ismat-tso-gunar", "title": "Кӏиго къисмат, цо гьунар", "date": "2022-02-17 08:39:04", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1979 соналъул 26 апрелалда бахъараб СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул 314/2/061 директиваялъул кьучӏалда гӏуцӏана Ватӏаналъул рагъулаб тарихалде «Бусурбабазул батальон» абураб цӏаралда Бетӏераб разведкаялъул управлениялъул хасаб кӏваралъул 154-абилеб къокъа. 1981 соналъул 7 маялда тӏоцебесеб мотострелковияб батальоналъул часталъул Рагъулаб Байрахъ кьураб къокъаялъ, 29-30 октябралъул сардил гӏужалда, Термез шагьаралда гӏагарлъухъ Афгъанистаналъул пачалихъияб гӏорхъи бахана. Рехсараб къокъаялъул рагъулал гьунаразулъ жидерго цӏар хъваразда гьоркьов вукӏана Казбек районалъул Ленинаулалдаса Гӏусман Мухӏамадовги.\nРосдал школа лъугӏидал, «Гьудуллъи» колхозалда хӏалтӏана. Бокьун букӏана, захӏматалъул хӏалбихьиги щун, Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе.\nГьел соназда улкаялъул югалъулал гӏорхъабазда, Апрелалъулаб революция бергьараб Афгъанистаналда хӏалуцин цӏикӏкӏунеб букӏана. Гьезул хӏукуматалъул гьариялда рекъон, афгъаназул эркенлъи ва чияда бачӏолъи цӏуниялъе букӏана Советиял аскаразул гӏорхъичӏвараб къокъаги.\nБачӏана гьениса тӏоцебесеб чӏегӏераб хабар Гӏусманил росулъеги. Жиндирго мадугьал, лъимерлъиялдасан цадахъ гӏурав, цадахъ цӏаларав гьудул вукъулеб къоялъ рекӏелъе бачӏана гьесул «Рецӏел босизе ккола!» абураб пикру. Гьебго заманалда жиндирго рагъулаб хъулухъ байбихьулеб букӏана Свердловск областалъул Нижнесергинский районалъул Уфа-Шигири росулъ гьавурав, хадув хъизангун Михайловский шагьаралде гочарав гӏолилав Нафиков Хӏамидица. 1978 соналда Свердловск шагьаралда Суворовасул училищеги лъугӏизабун, вачӏана Рязаналъул гьаваялъулгун десантазул командованиялъул училищеялде.\n1982 сон. Цӏалиги лъугӏизабун лейтенантасул чин щварал курсантал рагъулаб хъулухъалъе ритӏарал бакӏазде ине хӏадурлъулел рукӏана.\n— Хӏамид, лъалищ киве мун витӏулев вугевали?\n— Лъала. Дида гьеб балъго командирас абуна. Туркестаналъул рагъулаб округалде! Чирчикалде!\n— Вахӏ! Гьеб битӏахъего Афгъанистаналде унеб нух ккола гурищ!?\nЧанго соналдасан Михайловск шагьаралдаса Ленинаулалде Мутӏачовазул цӏаралда бачӏараб кагътида хъвалеб букӏана: «Нижеда тӏаса лъугьа нужер ракӏазулъ лъураб сахлъулареб ругъун цӏи гьабулеб букӏиналдаса. Хъвачӏого чӏезеги кӏолеб гьечӏо. Рагъулаб часталдасан нижеда лъазабухъе, нилъер васал тӏоцебесеб къоялдаса байбихьун Афгъанистаналда цадахъ хъулухъ гьабулел рукӏун руго. Нужер васас, Гӏусманица, ракӏбацӏцӏадав инсанас ва гьудуллъиялъе ритӏухъав рагъухъанас ахирисеб хӏухьел къотӏизегӏан жиндирго командир цӏунун вуго. Гьел гӏицӏго хвалица цоцадаса ратӏа гьарун руго. Дунги Хӏамидил яц Фазиля», — ян.\nГьедин ккана тӏоцебесеб лъай-хъвай. 1000-ялдаса цӏикӏкӏараб километралъул манзилалъ цоцадаса рикӏкӏад гӏумру гьабулел магӏарулал Мутӏачовазул ва татарал Нафиковазул.\nРакӏалда буго 1986 соналъул хасалихълъиялъул къо: Ленинаулалде Михайловск шагьаралдаса рачӏун рукӏана Мугаб Мубаракович ва Мунира Абубакировна Нафиковал. Бищунго гӏагарал гӏадамал хӏисабалда къабул гьаруна гьел Мутӏачовазул хъизаналъ гуребги, Ленинаул росдал жамагӏаталъго.\nГӏусманил гӏумруялъул ахирисел лахӏзаталги Мутӏачовазе, гьалбаз цадахъ босун бачӏараб кӏиявго гӏолилав къурбанлъун ккараб рагъул бицунеб «Шуравиязул къиса» абун цӏар тараб, гьитӏинабго макъала бахъараб Свердловск областалъул гӏолилазул газеталъул номералдасан загьирлъана.\nЧанго соналдаса Свердловск шагьаралъул рехсараб газеталъул редакциялде щвезе ва макъалаялъул автор Л. Печуркинагун дандчӏвазе диеги рес щвана. Лъай-хъвай гьабуна гьелъ ракӏарарал документазулгун, макъалаялда рихьизаричӏого хутӏарал цо-цо хӏужабазулгун.\n1983 соналъул октябрь моцӏалда лейтенант Хӏамид Нафиков витӏана Афгъанистаналъул бакъбаккуда Пакистаналъул гӏорхъода бугеб Нангархар провинциялде хъулухъ гьабизе. Гьебго моцӏалъ гьениве вачӏана Гӏусман Мухӏамадовги. Гьез хъулухъ гьабулеб букӏана Жалалабад шагьаралда гӏагарлъухъ чӏараб 154-абилеб Хасаб кӏваралъул къокъаялъул тӏоцебесеб батальоналъул кӏиабилеб разведчиказул ротаялда\nКъокъаялъ рагъулаб тарихалда тараб лъалкӏалъул бицуна кӏвар бугел рагъулал операциязда гӏахьаллъи гьабиялъги. Гьединаздасан рукӏана «Шторм 333» операцияги, ЖарКудукалда, Дарзабалда, Мармолалъул жаниблъиялда душманазул базаби росиги, Санчарак эркен гьабиги, Кули-Ишаналда душманазул кӏиго кӏудияб къокъа щущахъ биххизабиги, Нангархаралда ва цогидал бакӏазда ккарал кӏвар бугел рагъулал тадбиралги.\nГӏаммаб хӏисабалда интернационалияб налъи тӏубазабулеб заманалда, СССРалъул яргъилал къуватазул генералияб штабалъул разведкаялъул бетӏераб управлениялъул баяназда рекъон, хасаб кӏваралъул къокъаялъ тӏагӏинавун вуго 17000 душман, 990 караван, 332 рагъулаб склад, асир гьавун вуго 825 чи. Гьелго соназда къокъаялъе камун вуго 186 рагъухъан.\nЛейтенант Нафиков ва отделениялъул командир, гьитӏинав сержант Мухӏамадов къокъидго гьудулзабилъун лъугьана. Цадахъ хъулухъ гьабураб 9 моцӏида жаниб гӏахьаллъарал рагъулал операциязда хӏалбихьараб гьезул гьудуллъи вацлъиялдеги сверана.\n154-абилеб хасаб кӏваралъул къокъаялъул командованиялъухъе баянал щвана Жалалабадалдаса рикӏкӏад гьечӏеб Гирдаб кишлакалда сордо бан чӏарал душманазул кӏудияб къокъаялъ хадусеб къоялъ, ай 1984 соналъул 15 августалда Гирдаб магӏардасахун нух бахъун, чӏараб бакӏ хисизе бугилан.\nЛейтенант Хӏамид Нафиковасул, сержант Сергей Глушкол ва гьитӏинав сержант Гӏусман Мухӏамадовасул бетӏерлъиялда разведчиказул 11 чиясдаса гӏуцӏараб къокъа, сардил бецӏлъиялдаса пайдаги босун, аслияб къуват тӏаде щвезегӏан гьезие нух къазе буюрухъгун, тӏадкъай тӏубазе бахъана. Къокъаялъе бетӏерлъи гьабулев Нафиковас щивав рагъухъанасда гъоркьчӏелалъе бакӏ бихьизабуна, щивасда жиндирго масъала бичӏчӏизабуна. Отделениялъул командир Мухӏамадовасдаги гӏолохъанал рагъухъабазда хадуб халкквеялда вукӏайилан лъазабун, живго бищунго хӏинкъи бугеб бакӏалда гъоркьчӏел ккун чӏана.\nРадакьелдехун кишлакалъул рахъалдасан рагъа-рачари лъугьана ва кватӏичӏого Маркохалде бачӏунеб нухдасан битӏахъего разведчикал ругеб рахъалде гӏагарлъулеб бихьана душманазул къокъа. Гьезул вукӏана гӏага-шагарго 200-гӏанасев чи. Рациялдасан батальоналъул штабалда ахӏвал-хӏалги лъазабун, разведчикал ращалъи гьечӏеб рагъулъе журана.\nЦоцада хадуб гъун чанго нухалъ хӏаракат бахъана душманаз гьужумгун магӏарде нух бахъизе, амма щибаб нухалда разведчиказухъа гьеб нахъ чӏвазе бажарана. Тӏоцеве гӏумруялдаса ватӏалъана къокъаялъул командир лейтенант Нафиков. Кабул гӏоралъул доб цояб рахъалда, разведчиказ щулалъи ккуралда дандбитӏараб магӏарда бугеб нохъода щулалъизе рес ккарал душманазе гьев чӏараб рахъалдехун кьвагьизе санагӏалъи букӏана.\nДушманаз хӏаракат бахъулеб букӏана офицерасул жаназа нахъе босизе. Амма жиндирго командир, вацлъи рагӏизабурав рагъулав гьудул гьез инжит гьавизе виччазе Гӏусманил ракӏалъе къабуллъулеб букӏинчӏо. Амма кьурул ганчӏазда нахъехун вахчунги хъурщун унги командирасде гӏагарлъизе хӏаракат бахъулев гьев душманазул гуллица нахъе къазе тӏамулев вукӏана. Ахирги, жиндаса душманал нужедехунго руссинареян рагъухъабаздеги ахӏун, командирасул жаназаялде аскӏове векерарав гьев жеги захӏматаб хӏалалде ккана. Бигьаго букӏинчӏо лъукъараб, бидулъ бецӏцӏулеб гъежгун, цӏад гӏадин балеб гуллида гъоркьан эхедераялдасан гьев жиндаго хадув цӏазе ва цадахъго цояб квералъ душманазде кьвагьизе. Гьедин вукӏаго щвана гьесда хвалилаб гуллаги.\nТӏадегӏан ругел щулалъабаздасан кьвагьдон, къокъаялъул нахъе хутӏарал рагъухъабазухъа бажарана душманал Хӏамидовасул ва Мухӏамадовасул жаназабазде гӏагарлъизе риччангутӏизе. Кватӏичӏого разведчиказде тӏаде гӏунтӏана кумек. Разведчиказул гьитӏинаб къокъаялъ багьадурлъиялда тӏубана командованиялъул тӏадкъай, амма гьелъие гъоркьлъеллъун ккана кӏиго гӏолохъанаб гӏумру. Хадуб баянлъана чанго сагӏаталъ халат бахъараб рагъул хӏасилалда рагъухъабазул гьитӏинаб къокъаялъ 52 душман тӏагӏинавуравлъи.\nВатӏаналъ тӏадегӏанаб къимат кьуна рагъухъабазул гьунаралъе: лейтенант Хӏамид Нафиков кӏодо гьавуна Ленинил орденалдалъун (хун хадув), гьев вукъун вуго УфаШигири росулъ. Гьитӏинав сержант Гӏусман Мухӏамадов кӏодо гьавуна Рагъулаб Багӏараб байрахъалъул орденалда-лъун (хун хадув), вукъун вуго Ленинаул росулъ.\nГьаб макъала хъвазе хӏадурлъулелъул дун щвана Гӏусманил хабаде. Гьенисан дихъ балагьун вукӏана анцӏила ичӏилъ мармаралъул къанида жиндир сипат даимлъарав гӏолохъанчи. Гьенир гӏагардаго рукӏана Афгъанистаналъул ракьалда гьесулго гӏадинаб къисмат ккарал Гӏусманил кьерилал-мадугьалзаби Низамодин Лабазановасул ва Гӏалиасхӏаб Асланхановасул хобалги.\nЦо лахӏзаталда дир пикру жидедехунго цӏана хобалда цере рихьулел гӏисинккун балеб февралалъул гӏазул гъаталъ жеги рахчизаричӏел лъалкӏазде. Гьеб букӏана хваразул багьадурлъиги гьунарги саназ чӏагоязул ракӏазулъа бахъулеб гьечӏолъиялъул гӏаламат. Гьедин бугебгӏан заманалда чӏагояллъун хутӏула абадияб рокъоре аралги.\nИзбодин МУХӏАМАДОВ, Россиялъул Журналистазул союзалъул член"}
{"slug": "15997-islamal-ul-nural-giemerav-chiyasul-rekieda-kanl-i-bikhizabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15997-islamal-ul-nural-giemerav-chiyasul-rekieda-kanl-i-bikhizabuna", "title": "«Исламалъул нуралъ» гӏемерав чиясул рекӏеда канлъи бихьизабуна", "date": "2022-02-17 11:18:59", "categories": ["gara"], "text": "Гӏемерисезда лъаларо «Нурул Исламалъе» кьучӏ лъурав Мухӏамад Хӏажиев тохтурлъиялъеги цӏаларав, чанго батӏияб бакӏалда хӏалтӏун, гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе эхетарав инсанги кколевлъи. Цӏакъго къанагӏатал чагӏазда гурони лъаларо Мухӏамад, жиндир баракат щваяв Бакълъухъа Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афанди (къ.с.) ясалъул вас вукӏинги. Мухӏамадида газеталъул юбилейги баркун, гьал къоязда гьесулгун букӏараб гара-чӏвари кьолеб буго жакъасеб номералда.\n— Мухӏамад, гӏемерисезда мун лъала тохтур хӏисабалда. Чанго бакӏалда хӏалтӏунги ватила. Амма бичӏчӏуларого буго, щиб гьабизе дуй къваригӏун букӏараб исламияб газета биччазе? Сунца мун гьелде гьесизавурав?\n— Советияб заманалъул 80-абилел соназда байбихьана дица балъго гӏелму цӏализе. Гьелъул гъварилъуде вакканагӏан, Аллагьасул каламалъул берцинлъиги, исламияб диналъ жинда жаниб бахчун бугебщинаб, гӏадамасул гӏумруялъе чара гьечӏого хӏажатаб, лъикӏабщинаб жо бихьидал, дица дирго мугӏалим Гӏабдулжалил-афандиясда (къ.с.) чанцӏулго абулаан гьаб берцинлъи халкъалдаса бахчи гӏайиб гурищилан. Гьединлъидал дир анищ букӏана гьеб гӏадамазеги рагьизе. Амма дин гьукъарал соналги рукӏун, рагьун гьелъул хӏакъалъулъ бицине санагӏат букӏинчӏо. Дол соназ балъго бахчун гӏелму цӏаларав чиясда гурони, гьанжесеб ислам рагьараб заманалъул къимат бичӏчӏизе рес гьечӏо. Лъималазда Къуръан малъунилан, Гӏоротӏа росулъ ункъойиде вахарав херасе 8 сон туснахъалъул кьураб заман букӏана доб.\nТӏоцебе 1991 соналда рагӏуе эркенлъи кьолеб закон бахъидал, дун паналъун хутӏана. Цебего ракӏалда букӏараб исламалъул берцинлъи халкъалъухъе щвезабизе бугеб къасд гӏумруялде бахъинабизе гъеж гурана ва байбихьана газета биччазе.\n— Гьанжего гьанже диналъе эркенлъи кьураб заман букӏун бигьагоги букӏун батиларо дуе тӏоцересел соназ?\n— 1991 соналдаса нахъе «Исламалъул ахӏи» абун магӏарул мацӏалъ анкьго соналъ биччана газета. Хадуб, 1997 соналда рагьана бусурбабазул «Нур» абураб хӏаракат. Гьелъул рухӏияв цевехъанлъун вукӏарав мунагьал чураяв Макъсудхӏажи Садикъовас абуна дида, нилъер гӏурус мацӏалдаги биччалеб газета букӏине кколилан. Гьеб мехалъ байбихьана, цӏарги хисизабун, «Нурул ислам» абураб цӏаралда гъоркь биччазе.\nГьанже газета биччай буго векерун унаго, ялъуни цо рекӏелгъеялъе гьабулеб гӏадаб иш. Газеталъул лъикӏаб бюджет букӏинчӏолъиялъе гӏоло, магӏарухъеги ун кьабулаан газета, районалъул типографиялда гьеб учузго чӏолеб букӏун. Амма гьезул жидерго кагъат букӏунароан, гьаниса кагътил гурабиги раччун унаан лъове. Хадуб газеталги росун нахъ вуссунаан, гӏадамазухъе щвезабулаан. Подпискаги букӏинчӏого, росабалъ ругел имамзабазулгун бухьен гьабун, гьезухъе бандеролалъ битӏулаан, ва гьадинаб газета буго, дие гьеб бичизе кумек гьабе, гьелъухъ щвараб гӏарацги дихъе битӏе, хутӏараб дуегоги теян кагъат хъвалаан. Битӏун бицани, 10 битӏаралъуса 5-яс жаваб кьолаан — гьедин бачӏараб гӏарцул кумекалдалъун биччана газета анкьго соналъ. Хадуб 1997 соналда компьютерал раккидал, дагьаб бигьалъана газета биччазе. Гьелде щвезегӏан компьютералги рукӏинчӏого, цин квералъ хъвалаан, хадуб машинисткабаз бищулаан, хадуб кьабулаан газета печаталде. Кинабго квералъ гьабун, мекъи ккараб хӏарп хисизабун, пуланаб бакӏалдаса къунцӏун, гьеб данде седолев, мазуталъул цӏун квералгун вукӏунаан.\n-Байбихьуда чан чи вукӏарав дур штаталда яги дуцагойищ кинабго бачунеб букӏараб?\n— 1997 соналда дунго вукӏана. «Нурул ислам» абураб цӏаралда газета биччазе байбихьарабго анкьго мацӏалда бачӏунаан гьеб къватӏибе. Штаталда гӏемерав чиги вукӏана, газеталъул 15000-ялдаса тӏаде тиражги букӏана. Амма 1998 соналъул августалда ккараб дефолталъ кинаб- го кӏалагъоркье чӏвазабуна, газета лъул букӏараб бюджеталъул гӏарацги бухӏана, хӏалтӏухъабазе харж кьезе ресги букӏинчӏо. Кӏиго мацӏ (магӏарул ва гӏурус) хутӏизегӏан къазе ккана. Гьелдаса нахъе ругоха дунгоги хъизанги цадахъ рекъон хӏалтӏулел. Алхӏамдулиллагь, хъизан филолог йикӏиналъ кӏудияб кумек буго. Аллагьасул кумек гуребани, гьалгощинал соназ дихъа бажаризе букӏинчӏо газета биччан. Гӏемерав чияс гьикъула, гьедин ракӏхалалъи гьабун газета биччазе дуда кин кӏварабилан. Гьеб буго цохӏо Аллагьасул иш, ниж руго гӏицӏго Гьесул иш къватӏибе лъугьунеб алат. Гьелъухъ гӏорхъи гьечӏеб реццги буго Аллагьасе.\n«ГӏЕЛМИЯБ ИГӏЖАЗАЛЪУЛ» БАРАКАТ\n— Газеталда нужеца рорхулел аслиял масъалабазул бицинчӏого, щибаб номералда нужеца кьолел какил рузнамаялъул хӏисаб гьабидал, дида ккола Мухӏамад, гӏемерав чиясул нужее баркала щун батилилан, чанги чияс дугӏадулъги рехсон ратила. Хасго гьанжеялдаса 20-25 соналъ цебе, сотовиял телефонал гьечӏел чагӏазе кӏудияб мунпагӏатлъи букӏун батиларищ гьелъул?\n— Узухъда, нижер аслиял цӏалдолел магӏарухълъидал ругел. Дица хӏисаб гьабулаан гьадин: магӏарухъ росулъ вугев, жиндирго магӏишаталда тӏад виххун вугев чи, гьаниве-дове валагьун хабар цӏехезе заман букӏунаро гьесул. Гьединлъидал «Нурул ислам» рокъобе бачӏунев чи ругьунлъун вукӏуна гьелъул щибаб номералда нахъа батулеб рузнамаялде.\nГьеб гуребги, нижеца газеталъул щибаб номералда кӏвар кьолеб тема букӏана «Игӏжазул гӏелми», ай 1400 соналда цебе Къуръан-хӏадисалда рехсараб жакъасеб гӏелмуялъ тасдикъ гьаби ва гӏалимзаби гьелъие мукӏурлъи. Хасго нилъер гьаб заманалда цӏакъ кӏвар бугеб жолъун бихьула дида гьеб. Абухъего, 70 соналъ цӏадуца гӏадин, халкъалъул иман бухӏун ва дин квешаб ишлъун бихьизабун букӏиндал. Чиясулъ иман цӏакъ загӏипаб заман буго гьаб, гьев живго гьелъие мукӏурлъичӏониги.\n— Игӏжазалъул магӏна щиб кколеб?\n— 1400 соналъ цебе Къуръаналда гьадин хъван буго, жакъа гьеб официалияб гӏелмуялъ тасдикъ гьабуна, Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) хӏадис буго, жакъа гьеб гьеб хӏакъаб букӏиналъе гӏалимзаби мукӏурлъана. Жибго «Игӏжаз» алъул магӏна ккола гӏажаиблъи, паналъи. Гьеб буго цӏалдолезе цӏакъ бокьулеб ва, гьезул рагӏабазда рекъон, иман щула гьабу- леб тема, гьединлъидал нижеца гьелде цӏакъ кӏвар кьола.\n— Мухӏамад-хӏажи, 1991 соналдаса нахъе, диналъе эркенлъи кьураб мехалъцин киданиги абулеб букӏинчӏеб жо буго жакъа цо-цояз рагьун абулеб — Аллагь гьечӏин абун. Дуца щиб гьелда абулеб?\n— Тохтур ва газета биччалев чи хӏисабалда гӏолилалгун дандчӏвазе гӏемерав щола дун школазде, университетазде. Дида бихьулеб буго цо-цо гӏолилаз, расги хӏинкъичӏого, жал Аллагьасда божуларилан абулеб. Гьедин рагьун абулел чагӏиги нусгоязда гьоркьор цо гурони рукӏунаро, амма ругоха. Гьеб ккола Кореялъул ва Япониялъул сериалазухъ балагьиялъул хӏасил. Гьеб буго цӏакъ кӏудияб хӏинкъи. «Аллагь вугев ватани, гьев вихьизаве», — ян чӏолел руго гьел. Гьеб буго дол сериалазул аслияв героясул суал. Гадже-таз ва смартфоназ гӏакълу (психика) хвезабураб гӏисинаб гӏел жидецаго абулелдеги гьабулелдеги рачӏунел гьечӏо. Гьелъул хӏасилалда раккарал руго жакъа лъимал жалго жидецаго чӏваялъул хӏужабиги. Социалиял гьиназда раккулел руго жалго жидецаго чӏваялъул хӏужаби. Аллагь вукӏинги лъалаго, лъималаз гьединаб вахӏшилъи гьабизе гьечӏо, Аллагьасда божулезда лъалелъул гьеб мунагь сабаблъун инсан жужахӏалде кколевлъи. Гьелъ цин гьезул иман чуч гьабулеб буго.\n«Гӏелмияб игӏжаз» рубрика гӏадамаз гъираялда къабул гьабула. Чангияз кагътал рачӏуна, нужеца хъвараб цӏалун хадув, жив исламалде вачӏанин, жиндир рекӏелъ ислам щулалъанилан. Гьел цӏакъго хӏикмалъизарун руго, жакъасеб гӏелму гьанже гурого хадуб гӏунтӏуларел хӏужаби хъвазе-цӏализецин лъаларев чияс – свалат-салам лъеяв Мухӏаммад аварагас Къуръаналда гьадин бугилан 1400-1500 соналъ цебе абиялъ.\n— Гьеб игӏжазалда тӏасан 2010 соналда «Хӏакъикъаталъе» дуца кьураб гӏатӏидаб гара-чӏвари ракӏалда буго дида…\n— 1997 соналдаса нахъе, нижер щибаб номералдаса камулареб рубрика буго «Игӏжаз». Я Къуръаналъул аят, яги свалат-салам лъеяв Аварагасул хӏадис, гьезул цонигияб гьечӏеб номер нижеца биччаларо. Абизе бегьула гьеб «Нурул исламалъул» бренд гӏадаб жо бугилан. Щайин абуни, гьанже халкъго мобильный телефоназде жанире ин сабаблъун подписка гӏодобе ккараб заманалда, нижер басма хвасар гьабулеб жолъун ккана гьеб — игӏжазалъул рубрика. Жидеца «Нурул ислам» гӏицӏго гьелъие гӏололъун хъвалин абулел чагӏи чанги руго.\nИСЛАМАЛЪ ВАХӏШИЛЪИ БЕКЬУЛАРО\n— Гьеб игӏжазалъ гӏемераб жоялде кантӏизарун, дунялалдаго ислам босарал чагӏи щибаб соналъ цӏикӏкӏунел ругин абула. Амма, цере бусурбанал рукӏинчӏел гӏадамал, Аллагьасда божун, ис- ламалде рачӏарар мехалъ, жалго бусурбабазда гьоркьор рикьалаби гӏемерлъи гӏажаиблъи гьечӏищ?\n— Ислам буго ракьалда бижараб рухӏ бугеб жоялъе — хӏутӏхъумур, гъветӏ-хер, хӏатта мацӏ лъалареб хӏайван батаниги – сундуего рахӏматлъун бугеб дин. Аллагьас Къуръаналдаги абун бу- гелъул (магӏна): «Мун витӏичӏо гӏаламалъего рахӏматлъун гурого» (Анбияъ, 107). Рахӏматлъун ракьалде битӏараб жо ккола жакъа нилъ жанир ругеб дин. Лъица кигӏан гьеб кку-ниги, гьедигӏан Аллагьасул рахӏмат щола гьесие гьаниб дунялалдаги доба абадияб рокъобги. Исламалъул тушбабазда гьениб хӏинкъи бихьулеб буго, гьелъ гьез рикьалабиги гьарулел руго. Хӏакъикъаталдайин абуни, кинаб хӏинкъиха бугеб исла- мияб диналъулъ? Мискъала заррацин гьечӏо. Инсанасе пайда бугеб, гьев хвасарлъиялде вачӏунеб гурони нух гьелъ бихьизабуларо. Инсан рацӏцӏалъиялде, рахӏматалде, битӏараб нухде тӏовитӏизе ахӏула Къуръаналъ.\nЖакъа дунялалда бищун цӏикӏкӏун гӏарац-хайир кьолеб жо щиб бугеб? Гьеб ккола наркотикал, ярагъ ва гӏаракъи-чагъир бичи. Гьелда тӏад гьабулеб буго хӏаталдаса ун гӏемераб гӏарац. Гьел ккола исламалъ нахъ чӏварал, кӏудиял мунагьал. Гьелъие гӏоло гьеб чороклъиялдаса кваналезда ислам рихинчӏого рес гьечӏо. Цохӏо мисал — жакъа Дагъистан кко- ла бищун дагьаб къадар гӏадамаз гӏаракъи гьекъолеб регионазул цояб, щайгурелъул гьаниб ислам бугелъул. Цоги рахъалъан балагьани, Дагъистаналдаса гӏаркъил мафиялъе щвезе кколел рукӏарал миллиардал щолел гьечӏо. Гьединлъидал гьезул исламалда ццин бахъинчӏого рес гьечӏо. Бакътӏерхьул улкабаз абуни хӏаракат бахъулеб буго исламалъ гьукъун бугебщинаб жоялде гӏадамазул хьул лъезабизе. «Балагье, дуе хъалиян бухӏизе, наркотикал хӏал тӏизаризе, гӏаракъи гьекъезе, чияр руччабигун кеп босизе гьукъун буго. Гьелъул кепги босичӏони, гьаб жо гӏумруйищ, гьедин гӏолохъанлъи гӏадада биччазе кин бегьулеб? Воре щвараб кеп босе» — гьеле гӏагашагарго гьез гӏадамал къосинарулеб куц. Гьеб буго СМИяздаги киса-ки-бего бугеб аслияб тема.\n— Щай дуе къо бихьун гьеб хӏалтӏи?\n— Имаму Раббанияс абулеб буго: «Рагӏудалъун гьабулеб жигьад яр- гъил жигьадалдаса тӏадегӏанаб бу го», — ян. Загьид Хӏусеница абулеб буго: «Къалмил гъазават яргъилал- даса хирияб буго», — ян. Гьединаб кири буго газета хъваразе. Гьаб дунялалъул дагьлъи бихьидал, ниж сабаблъун цониги бусурбанчиясе кири гьабизе бокьи буго аслияб гӏилла.\n— Кумек гьабулел спонсоралги ратилаха дур?\n— Дида ратичӏо гьединал чагӏи. Битӏун бицани, гьарун ине дунги нечана, маян гьелги рачӏинчӏоха.\n— Данде цӏикӏкӏун хӏалтӏанагӏан ислам цебетӏолеб бугин абулеб буго цо-цояз. Дур пикру кинаб бугеб?\n— Гьедин буго гьеб хӏакъи къаталдаги. СШАялда жакъа бищун тӏибитӏулеб дин ислам буго, гьединго буго Европаялдаги. Гьебго буго Англиялдаги статистикаялъухъ балагьани, гьениб щуаби- леб соналъ тӏатӏала цӏи гьаруразда гьоркьоб бищун гӏемер лъолеб цӏар Мухӏаммад буго. Кигӏан гьел (диналда дандечӏарал чагӏи) бахчизеян лъугьаниги, хӏакъикъат гӏадамазухъе щвечӏого букӏунаро.\n— Дуца щиб абулеб ИГИЛ (РФялда гьукъараб гӏуцӏи) ва «исламияб терроризм» ахирал соназда тӏибитӏиялда?\n— Гьеб кинабго буго исламалъул тушбабаз, хасго Гӏизраилалъул бетӏерлъиялда ургъунго исламалдаса халкъ нахъе кӏанцӏизабизе ургъарал гӏуцӏаби. Жал ислам цӏунулел кутакал чагӏиян ругел ИГИЛалъул цонигияс Гӏизраилалде квешаб рагӏи абулеб рагӏанищ? Киса гьеб абулеб, Сирия чӏунтизабулаго лъукъарал гьезул рагъухъаби Гӏизраилалда сах гьарулелъул. Гьединго ИГИЛалъул бетӏерлъун вукӏарав Аль-Багъдади Гӏизраилалъул гражданин вукӏин чӏезабуна Ираналъул разведкаялъ.\nКъокъго абуни, хӏалкӏун ислам тӏагӏинабизе хӏаракат бахъулеб буго гьелъул тушбабаз, амма гьезул хӏаракат цӏикӏкӏанагӏан гӏатӏилъун, дунялалдаго тӏибитӏулеб буго ислам. Хӏадис буго: «Аллагьас квешасдалъунги щула гьабизе буго ислам», — ин абураб.\n— Мухӏамад, гӏага-шагарго, нужедаго цадахъ гӏадин байбихьанин ккола «Ас-салам» газеталъул тарихги. Конкурентал хӏисабалда, нужее квалквал бугищ гьезул?\n— 250 000 тираж бугеб «Ас-саламги» 3000 тираж бугеб нижер басмаги конкуренталлъун росиялъул магӏнацин гьечӏо. Квалква-лалъул гӏаксалда, «Ас-саламалъул» хӏаракатчагӏаз нижер газета тӏибитӏизабизеги кумек гьабула. Аллагь разилъаги гьездаса. Нижер басмаялъул нижерго цӏалдолев вуго. «Нурул исламалъул» цӏалдолев вуго, аслияб куцалъ тӏадегӏанаб лъай бугев, гъваридаб пикругун гӏакълуялъул чи. Гьединал цӏалдолез хвасар гьарун руго ниж жакъа.\nАшахан Юсупов\nХАДУРАГӏИ\nГьелда къокълъичӏо Мухӏамадилгун нижер букӏараб гара-чӏвари. Кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб гӏемераб бакӏалде пикруги щун, исламалъул балъголъабазде ваккун, кутакалда чӏагояб накъит букӏана гьесулгун. Араб 25 соналда жаниб, цохӏо газета биччаялда къокълъичӏого, «Нурул исламалъул» редакциялда къогоялдасаги цӏикӏкӏун тӏехьги бахъана Мухӏамадил хӏаракаталдалъун. Хасго абизе ккола цӏалдолезе цӏакъ ро кьулел Хӏасан-устарасул «Талхисул магӏариф» ва «Буружул мушаййада» гӏадал тӏахьазул таржамаги. Гьединго исана 18 сон тӏубала гьесги хъизамалъги цадахъ, щибаб бащдаб лъагӏалие цӏалдолезе цӏакъ бокьулеб исламияб календарь бахъулеб бугелдаса. Тавпикъ кьеги гьезие исламалъе гӏоло гьабулеб кири кӏудиял ишалги, бергьарал къасдалги хадурккунги гӏумруялде рахъинаризе. Амин."}
{"slug": "15998-khialtiulago-gieti-tiun-kvanalago-tiagiam-l-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15998-khialtiulago-gieti-tiun-kvanalago-tiagiam-l-an", "title": "Хӏалтӏулаго гӏетӏ тӏун, кваналаго тӏагӏам лъан", "date": "2022-02-17 11:32:47", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана «Нагорный Дагестан» (нухмалъулев Къасум Салманов) абураб найихъабазул къокъаялъул вакилзаби — Мухӏамадов Махӏмуд, Сайпулаев Мутӏалип, Мухӏамадов Хӏусен ва шагӏир Жаватханова Тӏагьират. Гьацӏул нигӏматаз ва тӏагӏамаб чаялъ хьезабураб столалда нахъа редакция лъул хӏалтӏухъабазулгун гьезул букӏараб хабар-кӏалалда аслияб темалъун найихъанлъи букӏаниги, гьелдаго цадахъ рорхана миллаталда, мацӏалда хурхарал суалалги. Гьелдаса хадуб нижер гара-чӏвари ккана хӏалбихьи бугев найихъан, Гумбет районалъул Ингиши росулъа Сайпулаев Мутӏалипилгун.\n-Мутӏалип, гьабсагӏаталда чан найихъан Дагъистаналда вугев, бугищ гьел киналго данде гьарулеб гӏуцӏи ва лъазе кӏолищ нилъер гьаниб бугеб найил тӏулбузул къадар?\n— Республикаялда буго найихъабазул ассоциация. Гьелъул нухмалъулев Надир Ахӏмадовасул рагӏабазда рекъон, нилъер гьанив вуго ункъазаргогӏанасев найихъан. Наязул къадар мухӏканго абизе кӏоларо, гӏага-шагарго цо-цо найихъанасул батила, гьоркьохъеб хӏисабалда, 40- 50 тӏала.\n— Дагъистаналъул ракьалъул гӏатӏилъиялда рекъон, гьеб къадар гӏемерищ бугеб яги дагьищ?\n— Гӏемер гьечӏо. Амма гьеб къадаралъе нилъер ракь, гьелъул тӏабигӏаталъул бечелъи эркенго гӏола. Гьедигӏанасебго къадар тӏадеги бугони, щибго къварилъи гьечӏо.\n— Абула найихъанлъи бугин баракатаб хӏалтӏийилан. Дур пикруялда, сундулъ бугеб баракат?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьоцӏо буго дару. Цохӏо гьоцӏо гуребги, найихъанлъиялъ кьола кутакалда пайдаял батӏи-батӏиял нигӏматал – перга, пыльца, маточное молоко, прополис ва гӏемераб цогидабги. Хӏатта хвараб наялъулцин гьабула къиматаб дару. Гьеб буго берцинаб, бацӏцӏадаб, лъиениги зарал-зиян гьабулареб магӏишат. На буго гъветӏхералъе чара гьечӏеб (опыление) рухӏчӏаголъи. Дица киназдаго абула найихъанлъиялде руссайин, гьеб бугин гӏажаибаб, байбихьани тӏокӏаб тезе кӏолареб хӏалтӏийилан абун.\n— Гӏи-боцӏухъанлъи буго нилъее хасиятаб магӏишат. Найихъанлъи нилъер рукӏа-рахъиналда данде кколеб пиша бугищ?\n— Кутакалда буго, гьелъие рижаралги руго нилъ. Нилъер тӏабигӏат буго бечедаб, гӏи-боцӏухъанлъиялъе, хурухъанлъиялъе ва найихъанлъиялъе цӏакъго рекъарал шартӏал ругеб. Гьеб лъабабго буго цадахъ рекъон гьабизе кколеб, кинаб рахъ босаниги, нилъер гӏадат-гӏамалалдаги рукӏарахъиналдаги цӏакъго данде кколеб хӏалтӏи. Нилъ, ай магӏарулал руго къуватал, къвакӏарал гӏадамал. Мохмохги, хинкӏалги, гьоцӏоги кваналев чиясул сахлъиги лъикӏаб букӏуна.\n— Дурго чан тӏала бугеб, найихъанасе пайдаяб, хайирияб хӏалтӏи бугищ гьеб?\n— Дир буго 80 тӏала ва гьел доре-гьанире раччизе кӏиго машина. Гьава-бакъ рекъараб заманалда гочинабун хьихьулеб, тайпадулаб найил цо тӏалаялъ гӏатӏиракьалда кьезе бегьула 20-40 кило гьацӏул, магӏарухъ — 10-15 кило гурого щоларо. Букӏуна заман гьабин абун гьоцӏо щвечӏебги. Найихъанлъи буго гӏезегӏан захӏматаб хӏалтӏи. Хӏалтӏулъ кьогӏлъи бихьичӏого, гьацӏул гьуинлъи лъаларо, хайирги щоларо. Тӏабигӏат лъикӏаб букӏиналъ, техникаги цоги хӏажатабги гьечӏолъиялъ нилъер умумуз гӏей гьабулаан росулъго чӏун гьел хьихьиялда. Гьанже гьедин тӏубаларо, найихъан ине ккола тӏегьалеб гъветӏ-хералда (гьоцӏо кьолеб) хаду-хадув. Гьоцӏоги, гьелда рекъон хайирги щвезе ккани, гъуждул гурун хӏалтӏизе ккола найихъан. Хӏасил гьабун абила, гӏемерго бечелъичӏониги, хӏалалго щвараб гъурущалъ хъизам хьихьун бажарулеб хӏалтӏи буго найихъанлъи.\n— Дуца бицана ахирал соназда тӏоритӏарал тӏолгодунялалъулги (40 пачалихъалъул вакилза- би гӏахьаллъараб) ва тӏолго россиялъулги конкурсазда ни лъер гьацӏуца ккунин цересел бакӏалилан абун. Амма гьоцӏо кваналезда лъикӏ лъала Алтаялъул ва Башкириялъул гьоцӏо…\n— Нилъер гӏиял гьанал, пиринчӏалъул, урбаялъул буго киназдаго лъалеб цӏар. Гьеб мухъилъ чара гьечӏого букӏине мустахӏикъаб буго гьоцӏоги. Гьедин букӏиналъе хӏаракат бахъулеб буго найихъабазул ассоциациялъги. Гьеб суал борхун букӏана росдал магӏишаталъул министрасулгун букӏараб данделъиялдаги.\n— Ахирал соназда холеб буго гӏемер на. Гьелъие гӏилла щиб?\n— Гьеб суалалда тӏасан букӏана гӏемераб ахӏи-хӏур. Гьелъие аслияб гӏилла ккола гьадинаб хӏужа. Щибаб соналда Узбекистаналдаса нилъер гьанибе босун бачӏуна 10- 15 азарго пчелопакет. Гьел рачӏуна букӏине кколеб хӏалалда тӏадал идарабаз халги гьабичӏого, унтараб, клещ-нацӏги тӏад бугеб нагун. Гьел унтаби рахунел руго нилъерго наязде, цӏикӏкӏунеб буго холеб наялъул къадар. Гьелдаго цадахъ гӏемераб на холеб буго тӏабигӏаталъул ва гьавабакъалъул шартӏал хисулел, авлахъазда гӏемераб загьру хӏалтӏизабулеб букӏиналъ. Кӏудияб зарал гьабула варроа клещ-нацӏалъ, гьелъ кьолеб унтуца. Балагьун бераздацин бихьулареб, цӏакъго гьитӏинаб гьеб нацӏ тӏагӏинаби буго цӏакъго кӏвар бугеб масъала. Наялда тӏад рекӏун букӏунеб гьеб дагьабниги тӏибитӏани, рехун тун тӏалагун, наязул бо лъутун уна. Жиндир заманалда, хасел тӏамизе на унаго, дару гьабун, гьеб бацӏцӏад гьабуни, ихдал цоги нухалъ даруги гьабун кӏола гьеб цӏунизе.\n— Дуца абуна на хвеялъе цо гӏилла авлахъазда загьру хӏал тӏизаби бугин. Амма гъветӏ-хер унтабаздаса, заралияб хӏутӏ-хӏапараялдаса цӏуниялъе кинго тӏубаларо загьру хӏалтӏизабичӏого. Кинаб сабабха гьелъие бугеб?\n— Унти ва хӏапара тӏагӏинариялъе дару-загьру хӏалтӏизабизе кколеблъи хӏакъаб буго, амма суал буго гьелъул къадаралда ва даражаялда бараб. Гӏемераз хӏалтӏизарулел руго Китаялдаса рачӏарал, кутакалда къуватал ва цӏакъго заралиял, цо нухалъ речӏчӏизарун кинабго хӏутӏ-хӏапара хвезабулел дараби. Гьез хвезабулеб буго тӏегь-хералдаса пайда босулебщинаб хӏутӏ-хӏапара, гьезда гьоркьоб наги. Нижер цохӏого цо бугеб тӏалаб ккола хӏалтӏизаричӏого гӏоларел удобрениял-ядохимикатал бихьизабураб заманалда ва чӏезарурал нормабазда рекъон хӏалтӏизари.\n— Нужер гӏелмуги лъаларев гӏадатияв чияс гьоцӏо босулеб бугони, кин гьесда батӏа бахъизе лъазе бугеб бацӏцӏадабги гьоркьор тӏадежураял ругебги? Чакар лъечӏого Дагъистаналда кинго тӏубаларин абураб жо битӏараб бугищ?\n— Найихъанасдаги, жибго наялдаги, тӏад вугев Аллагьасдаги гурони гьеб суалалъе мухӏканаб жаваб лъаларо. Лъала биохимияб лабораториялдаги (Дагъистаналда гьеб гьечӏо). Квералда бахун, кибехунго цӏан, цӏа рекӏинабун найил гьоцӏое къимат кьезе кӏоларо. Ракӏчӏун абизе кӏолеб жо буго цо – гьоцӏо босизе ккола дудаго лъалев, ракӏчӏарав, божилъи бугев найихъанасул. Чакар лъечӏого тӏубаларин аби битӏараб гьечӏо, дица абула тӏубалин абун. Тӏубазе ккани, гочаризе ккола, тӏегьалда хадув хьвадулев вукӏине ккола найихъан.\n— Кигӏан заманалда ва кинал шартӏазда цӏунизе бегьулеб гьоцӏо?\n— Гьацӏуе рокьуларо бакъул чӏорал ва риччел, амма цӏорол ялъуни щагӏил тӏагӏелазда жаниб гьеб цӏунизе бегьула цӏакъго халатккун. Бищунго лъикӏаллъун рикӏкӏуна 14 градус температураялъул бугел шартӏал.\n— Республикаялъул найихъабазул гӏемер рукӏунищ жидерго масъалаби дандралел данделъаби, ракӏалда бугищ гьединал тадбирал гӏагараб заманалда тӏоритӏизе?\n— «Нагорный Дагестан» гӏуцӏиялъ щибаб соналъ тӏоритӏула найихъабазул данделъаби. Исана гьелъие къо цӏан буго 26 февралалда, магӏарухъе унеб нухда, «Багӏараб кьо» бугеб бакӏалда (Хьаргаби район). Гьеб тадбиралда гӏахьаллъизе руго магӏарухълъиялъул найихъаби, цере лъезе руго кӏвар бугел масъалаби, бицине буго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ, дандразе руго суалал.\n— Нужеца, ай найихъабаз, цӏалулищ «Хӏакъикъат» газета?\n— «Хӏакъикъатги» «Ас-саламги» цӏалула. Гьеб кинабго нижеца рикӏкӏуна нижер аслияб хӏалтӏуда цадахъ тӏубазе кколеб налъилъун.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "15999-k-uvat-kola-khialtiude-bugeb-rokiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=15999-k-uvat-kola-khialtiude-bugeb-rokiyal", "title": "Къуват кьола хӏалтӏуде бугеб рокьиялъ", "date": "2022-02-17 11:59:14", "categories": ["magiarukh"], "text": "Чӏарада районалъул Гьилиб росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса 30 сон буго Рукъият Къурамухӏамадовалъул. Гьал къоязда ниж дандчӏвана Рукъиятгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дир анищ букӏана мугӏалимлъун яхъине, — ян бицана Р. Къурамухӏамадовас.\n— Хехго ригьнадеги кьун, хадурго цун лъималги гьарун, гьеб махщалие цӏализе ине рес ккечӏо. Амма гьеб анищ дир рекӏелъ кидаго гьалдолеб букӏана.\nДир классцояй йикӏана ясли-ахалъул нухмалъулей. Дица гьелда гьарана дун хӏалтӏизе йосиларищин. РайОНОялъул изнуялдалъун, дагьаб мехалъ гьение хӏалтӏизе йосана. Хадуб, райОНОялъ лъазабуна, заочногӏаги цӏализе кколин абун. Гьеб мехалъ цӏализе лъугьана Хасавюрталда бугеб педагогикияб училищеялде. Заочно цӏалулей йикӏаниги, гӏезегӏан захӏмат букӏана. Гьел рукӏиндалха 90-абилел сонал. Гьитӏинал лъималги рокъор тун моцӏалъ сессия кьолей йикӏинги бигьаяб иш букӏинчӏо. Амма дир анищ гӏумруялде бахъинабизе кумекги квербакъиги гьабуна бетӏергьанчияс. Училищеги лъугӏун диплом щвараб къо гӏумруялъул бищун талихӏал къоязул цояб букӏана. Гьений цӏалулеб заманалдаго, ясли-ахалъул нухмалъулейги унтун, гьеб хӏалтӏи дида тӏадкъана.\n— Захӏмат букӏанищ хӏалбихьи гьечӏей дуе ясли-ахалъе нухмалъи гьабизе?\n— Гьеб букӏана пачалихъ биххараб заман. Хӏатта, лъималазе сахаб бусен-къайицин букӏинчӏо. Хӏалтӏухъабазе харж кьезе ва лъималазе квен-тӏех босизе гӏарац гӏолароан. Гьениб кинабго хӏалтӏи гьабизе, хвараб, бекараб къачӏазе кумек гьабуна ва жакъаги гьабула бетӏергьанчияс.\nЯсли-ахги букӏана басриябго минаялъуб хӏебтӏун. Дие бокьун букӏана гьениб капиталияб ремонт гьабизе ва дагьаб гӏатӏилъизабизе. Цо нухалъ росдал клубалда тӏобитӏулеб букӏана депутат Мухӏамад Садулаевасулгун дандчӏвай. Кигӏан нечон йикӏаниги, ясли-ахалда хӏалтӏи гьабизе кумек къваригӏун бугин абуна гьесда. Гьесги абуна гьеб иш жинца тӏаде босилин. Гьес кьураб рагӏиги ккуна. Кумек гьабуна росдал бегавулас ва райОНОялъ. Гьанже ясли-ахалда киналго квегӏенлъаби руго.\nЖакъа ясли-ахалда буго 27 лъимер ва анкьго хӏалтӏухъан.\n— Нухмалъулей хӏисабалда, хӏалтӏухъабаздехун кинайлъун йикӏине дуца хӏаракат бахъулеб?\n— Дида бичӏчӏана, нухмалъулесе бищун къваригӏунел хасиятал сабруги, чӏухӏи гьечӏолъиги, гӏадан вичӏчӏизе лъайги букӏин. Гӏемераб жо жанибе-къватӏибе бачине ккола хӏалтӏуда. Дица кидаго абула гӏемерисеб бакӏалда беццайлъунги гӏинкъайлъунги йикӏунин дунилан. Хӏаракат бахъула ракӏбацӏцӏадайлъун йикӏине, ккараб гъалатӏ, ракӏ хвеларедухъ бичӏчӏизабизе ва бажарараб кумек гьабизе. Хӏалтӏухъабаздехун гьединаб бербалагьи гьечӏони, гьабулеб хӏалтӏи лъугьунаро.\n— Цереселги гьанжеселги лъималазда гьоркьоб батӏалъиго бугищ?\n— Лъимал хисун ругин абиларо. Хисун руго эбел-эмен, хисун буго гьез рокъоб кьолеб тарбияги, гьездехун бугеб бербалагьиги.\nЦебе эбел-инсуца абулаан, жидеца тарбияги лъайги кьезе нужехъе кьолел ругин, гӏадлу-низамги нужецаго гьабеян. Гьединлъидал, хӏалтӏизе гӏемер бигьа букӏунаан. Гьанжейин абуни, гӏадлу хвезабидал, бокӏнида чӏезаризе, дагьабниги гьаракь борхун кӏалъазе бегьуларо. Гьединлъидал, улбулгун хӏалтӏизе захӏмат букӏуна.\n— Жакъа рахьдал мацӏазда сверухъ киса-кибго захӏматаб хӏал бугелъул, ясли-ахалда кин бугеб?\n— Гьеб «инфекция» цебего росабалъеги щун буго. Жанахӏалъур ялъуни азбар-къоноялда расандулаго, гӏурусалъ кӏалъалел рагӏарал лъималазда дица берцинго бичӏчӏизабула нилъерго мацӏалда гаргадизе кколин. Цо-цо мехалъ, гӏурусалъ гьел гаргадулаго, тӏаде ячӏуней дун йихьидал, гьез цоцазда абула, Рукъият Мухӏамадовнаялда рагӏизе гурин, хехго руцӏцӏайилан.\nДица кидаго абула, чӏахӏияб группаялда калам цебетӏеялъул дарсида хутӏизегӏан, хутӏарал дарсал рахьдал мацӏалда рачеян. Тадбиралги магӏарул мацӏалда рачуна.\n— Нахъа тараб нухлуе кинаб къимат кьелеб?\n— Исана 30 сон балеб буго дица росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулелдаса. Кигӏан гӏемерал захӏмалъаби, гӏунгутӏаби дандчӏваниги, цониги къоялъ ракӏ бухӏичӏо. Дие къуват кьола хӏалтӏуде бугеб рокьиялъ. Ракӏ чучула лъимал аскӏоре рекерун рачӏиндал. Гьелгун хӏалтӏулеб мехалъ, диргоги ракӏ бахӏарго букӏуна.\nДида цо-цо мехалъ рокъосезги гӏагабожаразги абула, мун сваканги ятилин, гьеб хӏалтӏи тейилан. Амма дир рухӏги, хӏалги, бажариги бугебгӏан заманалъ, гьаб рехун тезе ракӏалда гьечӏо. Ясли-ах буго дир гӏумруялда жаниб бугеб цоги гӏумру, дир кӏиабилеб хъизан.\nГара-чӏвари гьабуна Мухӏамад МАНАПОВАС"}
{"slug": "16000-tsiiyab-shkola-baze-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16000-tsiiyab-shkola-baze-bugo", "title": "Цӏияб школа базе буго", "date": "2022-02-17 12:06:49", "categories": ["obrazovanie"], "text": "10 февралалда бухӏана Хӏибиялъ росдал школалъул мина. Гьенив цӏалулев вукӏана 58 цӏалдохъан. Школа бан букӏана 1980 соналда.\nГьеб лъугьа-бахъиналда бан, ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас тӏобитӏараб данделъиялда бицана цӏалдохъабазе санагӏатал шартӏал чӏезариялъул мурадалда, Хӏибиялъ росулъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хал гьабизе ва хасаб комиссия гӏуцӏизе кколин абун.\nКъварилъи ккарал гӏадамазе хехаб заманалда кумек гьабизе кколин абун лъазабун буго республикаялъул бетӏер Сергей Меликовасги. Хӏадур руго, ресалги ратун, школалъе цӏияб мина базеги. Школалъул проект хӏадуриялъе хӏажалъун буго росулъ бугеб демографияб хӏал мухӏкан гьабизе ва гьелде харж гьабизе кколеб гӏарцул роцен борцине. Гьел масъалаби тӏуразариялъул мурадалда хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Мурад Казиевасул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб хӏукуматалъулаб комиссия 16 февралалда щвана Цӏунтӏа районалде.\n«Гьабсагӏаталда лъимал цӏализарулел руго росдал администрациялъулги ФАПалъулги минабазда (цебеккун гьениб букӏана школа-интернат). Республикаялъул хӏукуматалъул комиссиялда гъорлъ руго Ралел бакӏазулги, Финансазулги, Лъай кьеялъулги ва цогидалги министерствабазул вакилзаби. Гьел щвана Мекали, Хъебалъ ва Хӏибиялъ росабалъе. Лъабабго росабалъ буго школа баялъул масъала.\nХӏибиялъ росулъ цӏияб школа базе хӏукму гьабуна, щайгурелъул соналдаса соналде гӏемерлъулел руго школалде рачине заман щварал лъимал. Школа базе буго батӏияб, ай гӏатӏидаб, бакӏалда. Жеги мухӏкан гьабун гьечӏо модулалъулабищ яги тайпадулабищ школа базе бугебали. Комиссиялда ругел киналго идарабазул вакилзабазул пикру хӏисабалде босизе ккола гьелъул мурадалда», — ян бицана Цӏунтӏа районалъул «Дидойские вести» газеталъул бетӏерав редактор Адам Адамовас.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "16003-gavurab-k-ogun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16003-gavurab-k-ogun", "title": "Гьавураб къогун!", "date": "2022-02-17 13:14:59", "categories": ["barkiyal"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ ракӏ-ракӏалъго баркула РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, магӏарул редакциялъул гьудул Хӏажиев Гӏабдулхӏакимида гьавураб къо!\nГьитӏинго жиндирго бажарилъаялдалъун гӏумруялде галиги Гьарула щулияб сахлъи, хӏалтӏулъ тавпикъ, гьабулеб ишалъулъ рахӏматгун баракат. лъун, Дагъистаналъул МВДялъул идарабазда ва Централияб аппараталдагун Северияб Кавказалъул полициялъулабгун миллияб гвар- диялъул батӏи-батӏиял бутӏабазда хӏалтӏулаго, ритӏухълъи чӏезаби, Россиялъул ва республикаялъул мурадал цӏуни, гӏадамазе жиндаса бажарараб кумек гьаби гьес рикӏкӏана жиндирго хӏаракатчилъиялъул аслияб магӏналъун.\nГӏумруялъул нухда кинаб хӏалтӏуде тӏамуниги, Ватӏаналъе, халкъалъе ракӏбацӏцӏа даб хъулухъги гьабун, дагъистаниясул къадру-къимат цӏунулеб буго Гӏабдулхӏакимица Пачалихъияб Думаялъул депутат хӏисабалдаги."}
{"slug": "16004-yubilejgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16004-yubilejgun", "title": "Юбилейгун!", "date": "2022-02-17 13:17:50", "categories": ["barkiyal"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ ракӏ-ракӏалъ баркула Рамазанова Патӏиматида гӏумруялъул гьайбатаб юбилей. Республикаялъул магӏарул радиоялде ячӏун, гӏолохъанай Патӏиматица 63 сон кьуна магӏарул халкъалъе дунялалъул ва республикаялъул гӏумруялъул, хирияб миллаталъул ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицунаго.\nДАССРалъул ва Россиялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏу хъан, махщелчӏужу, захӏматалъул ветеран, жамгӏияй хӏаракатчӏужу, Патӏиматил радиоялдасан пасихӏго чвахун бачӏунеб берцинаб гьаракьалъ рекӏее гьабулеб гӏажаи баб асар жакъаги хутӏун буго ма гӏарулазул рекӏелъ.\nНиж цӏакъ чӏухӏарал руго Патӏиматил захӏматалъулаб хӏаракат чилъи республикаялъул магӏарул газеталъул редакциялда хӏалтӏиялдаса байбихьун букӏиналдаса. Гьарула Патӏиматие щулияб сахлъи ва рекӏее парахалъи.\n«Хӏакъикъат» газеталъул редакция"}
{"slug": "16110-dag-istanal-ul-tsiiyav-premer-l-alev-l-alarev-giabdulmuslim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16110-dag-istanal-ul-tsiiyav-premer-l-alev-l-alarev-giabdulmuslim", "title": "Дагъистаналъул цӏияв премьер. Лъалев-лъаларев Гӏабдулмуслим", "date": "2022-02-25 08:22:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Баян:\nГьавуна 1960 соналда Казбек районалъул Гертма росулъ.\n1983 соналда лъугӏизабуна К. Тимирязевасул цӏаралда бугеб Москваялъул росдал магӏишаталъул академия. 1990 соналда вахъана росдал магӏишаталъул гӏелмабазул кандидатлъун.\n2001 соналда лъугӏизабуна Москваялъул юридикияб университет.\nХӏалтӏана ДРялда букӏараб РФялъул налогазул полициялда, 2003-2014 соназда — МВДялда.\n2014-2016 соназда Гӏабдулмуслимовас нухмалъи гьабуна Махӏачхъалаялъул администрациялда цебе гӏуцӏараб Управлениялъе.\n2016 соналда тӏамуна Мугӏрузулаб округалда ДРялъул Бетӏерасул официалияв вакиллъун.\n2018 соналда — росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министр.\n22 февралалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз разилъиги кьун, хӏукуматалъул председательлъун вищана Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов.\nГьеб ккола парламенталда цебе республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас лъураб кандидатура.\nГьанжелъагӏан гьеб хъулухъалда вукӏарав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов казначействоялде нухмалъулевлъун унев вукӏиналъул бицен буго республикаялда, амма гьабсагӏаталда гьелъул официалияб сайталда нухмалъулевлъун Исрапил Тӏинамухӏамадов вуго вихьизавун.\nБукӏаниги, Сергей Меликовас жиндирго Instagram-алда хъвалеб буго Россиялъул Финансазул министерствоялъ Федералияб казначействоялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъиялде Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов тӏамизе вукӏиналъул рахъкколин жинцайиланги.\nДепутатаз Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов вищилалде цебе парламенталъул спикер Заур Аскандаровас бицана росдал магӏишаталъул министрлъун вугеб мехалда гьесул хӏаракаталдалъун щварал лъикӏал хӏасилазул.\nХадубккун республикаялъул хӏукуматалъ кӏвар кьезе ругел рахъазул бицунаго, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас рехсана гьадинал мурадал: гӏадамазул сахлъигун рукӏа-рахъин лъикӏлъизаби, гьезул гьунарал загьирлъиялъе ресал гӏуцӏи, гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиги санагӏалъабиги чӏезари, даран-базаралъе шартӏал гӏуцӏи, цифровияб трансформациялъе квербакъи гьаби.\nНижеда ракӏалде ккана Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул хӏакъалъулъ батӏи-батӏияб заманалда гьесда цадахъ хӏалтӏарал гӏадамазда цӏех- рех гьабизе.\nРасул Хӏайбулаев, журналист:\n— Гӏабдулмуслимов росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министрлъун хӏалтӏулеб мехалда дун вукӏана гьенив ишазул управлениялъул отделалъул нухмалъулевлъун. Доб мехалда киназулго кӏалдиб букӏараб ришватазегун откатазул харбие ахир лъуна гьес, министрлъун ккедал.\n«Дагсельхозстрой» гӏуцӏиялъ росабалъ чанго соназ ран рахъинчӏого нухда хутӏарал, яги байги бихьун, хадуб квер хьвагӏун тарал объектазул хал гьабулеб букӏана цо нухалда Гӏабдулмуслимовас. Бачӏинахъего гьес гьениб нухмалъиги хисана, Мухӏамад Юсуповги тӏамун. Цинги тӏоцебесеб соналъго щуго школа бан лъугӏизабуна батӏи-батӏиял росабалъ, хъутабазда. Гьанже заманалъул тӏалабазда рекъон, кӏудикӏудиял спортзалалги, компьютеразул залалги, станокалги жанир лъурал трудалъул дарсазе хӏажатал, церетӏурал классалги жанир ругел гьел школал цивилизациялъул борхалъилъун рихьулел рукӏана доб заманалда гьел хъутабазда. Амма ран кьуниги, гьел хӏалтӏизаризе риччаларого, цоги захӏмалъиги дандчӏвана гьезда. Доб мехалда республикаялъул нухмалъиялда рукӏарал гӏадамаз гьелъие цо кӏудияб къасд бихьизабичӏо. Гӏицӏго Меликов вачӏиндал гурони гьеб рахъалъ багъа-башари лъугьинчӏо.\nГӏабдулмуслим министрлъун тӏамидал, республикаялда цо миллиардгӏан гъурущ мелиорациялъеги биччана. Гьесде щвезегӏан гьебгощинаб гӏарац кьолароан гьеб отраслялъе. Гьелдалъун кӏудияб кумек щвана пиринчӏ, ччугӏа гӏезабулел, гӏи-боцӏи хьихьулел гӏадамазе.\nДие абизе бокьараб жо – цо иш цебехун бачине Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул бажари букӏин бихьизаби. Дол школал ран лъугӏизегӏан, ретӏун резинадул чакмабигун, рагъаричӏого хъутабазда чӏун рукӏана цин Мухӏамад Юсупов, цинги росдал магӏишаталъул министрасул заместитель.\nТӏадегӏанал хъулухъазда рукӏаниги, ккараб бакӏалда чиясда бадибе рагӏиги абула Гӏабдулмуслимица. Жидер ракьалъе зарал кколеб бугилан цо росдал гӏадамал дандечӏун рукӏана республикаялъул нухмалъиялъ балеб цо кӏудияб объекталда. Ракӏалда гьечӏо гьанже киб гьеб букӏарабали. Гьелда тӏасан хӏукуматалда тӏобитӏулеб букӏараб данделъиялда цо хӏакимчи вахъана чӏухӏа-чӏухӏарал жал рицине, гьел гӏадамал чӏезаризе Росгвардияги спецназги битӏилин гьенибеян. Гьеб мехалда гьесие цӏакъ лъикӏаб жаваб кьуна Гӏабдулмуслимица. Дуда рагъ-кьалги, гӏадамазул къварилъиги щиб жоялигӏаги лъалебищин, гьанир милицабиги, рухӏиял церехъабиги политикалги, цогидалги чӏвалеб мехалда мун республика тун къватӏив вукӏанин, гьанже кинабго гӏодоцараб мехалда гьаниве тӏадги вуссун, нижее гӏакъалаби кьезе лъугьунев вугилан, чӏезавуна Гӏабдулмуслимица гьев.\nКъокъабго заманалда росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул байрамги гӏуцӏун букӏана Гӏабдулмуслимил квербакъиялдалъун. Махӏачхъалаялда, Гьудуллъиялъул Минаялъуб, тӏобитӏулеб гьелде вачӏарав хӏукуматалъул председатель Артём Здунов виххун хутӏун вукӏана. Культураялъул министрлъунгицин тезе бегьизехъин вугила мун, духъа бокьараб министерствоялъе нухмалъи гьабизе бажаризе бугилан махсараги гьабун букӏана гьесие Здуновас.\nЦо нухалда Гӏабдулмуслимгун цадахъ Мухӏу Гӏалиевасухъе щун рукӏана ниж. Гьеб мехалда хабар ккун букӏана гьесул инсул хӏакъалъулъ. Казбек районалъул исполкомалъул нухмалъулев вукӏанин ккола гьев советияб заманалда. Бажари бугев нухмалъулев хӏисабалда рехсолев вукӏана гьев Мухӏу Гӏалиевас.\nГьелде тӏадеги Гӏабдулмуслимие кутакалда рокьула магӏарул шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул асарал, рекӏехъе лъала халкъиял кучӏдул, фольклор.\nБихьуларищха, полковниклъун закон цӏуниялъул хъулухъалдаса нахъе ун хадув, чорокал къокъабазда гъорлъеги ккечӏого, тухумчилъиялдаса рикӏкӏадги чӏун, къокъабго заманалда жаниб Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда кӏвана республикаялъул премьер-министрлъун вахъине. Унго-унголъунги пачалихъалъул ургъел бугев чи ккола гьев.\nЗайнаб Гӏалимирзаева, Махӏачхъалаялъул мэрасул пресс-секретарь:\n— Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов жамгӏияб хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ Махӏачхъалаялъул администрациялда цебе гӏуцӏараб управлениялъул нухмалъулевлъунги хӏалтӏана.\nПресс-хъулухъалъул вакил хӏисабалда дун гьесда цадахъ гӏезегӏан бакӏазде ине кколаан. Гьеб мехалда бихьулаан Гӏабдулмуслим сундаго хадув гъурав, управлениялда вугевщинав чиясда тӏадаб иш рагӏа-ракьанде щун лъалев, хӏалтӏи цебе бачунев чи вугеблъи.\nМахӏачхъалаялда хурхун социалиял гьиназдасан бугониги, жалго рачӏун, яги кӏалъан гӏадамаз жидецаго бицунниги лъараб-тараб цониги хӏужа гьес кӏвар кьечӏого толароан.\nГьелдаго цадахъ махсара-хочӏги лъалев, Тимирязевасул академияги лъугӏарав, гӏисинал-чӏахӏиялгун кӏалъазеги лъалев, гӏадатияв гӏаданги вичӏчӏулев чи вуго Гӏабдулмуслим. Ккараб бакӏалда согӏго кӏалъазеги лъала гьесда.\nГӏезегӏан кепал лъугьа-бахъиналги ккана нижергун гьесул. Цогидазе махсара гьабулаго, живго жиндагоги велъула гьев.\n2016 соналда гьанисан ДРялъул Хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул советалъул секретарьлъун ана. Аниги щибха, гьанжеги зама-заманалдасан ракӏалде щола нижеда Гӏабдулмуслимов.\nХадурккунги цӏи-цӏиял бергьенлъаби гьарула гьесие.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "16111-zakon-k-varigiuna-amma-khisa-basiyalgi-garun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16111-zakon-k-varigiuna-amma-khisa-basiyalgi-garun", "title": "«Закон къваригӏуна. Амма хиса-басиялги гьарун»", "date": "2022-02-25 08:40:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналъул жамгӏиял ва гӏелмиял хӏаракатчагӏаз РФялъул Пачалихъияб Думаялде битӏана бакӏалъулаб администрациял къаялда хурхун бахъараб федералияб законалъул (проект Федерального закона №40361–8 «Об общих принципах организации местного самоуправления в системе публичной власти РФ») проекталда тӏасан жидерго пикраби.\nГьезул хьул буго гьел малъа-хъваял хӏисабалдеги росун, ДРялъул Халкъияб Собраниялъги гьелъулъ хиса- басиял гьарилин абураб. Исана 20 январалда къватӏибе араб «Хӏакъикъаталдаги» хъван букӏана гьеб законалъул хӏакъалъулъ («Сельсоветал хисун – территориалиял отделал» абураб бетӏералда гъоркь).\nНилъер депутатаз къабул гьабураб гьелъул хӏакъалъулъ бицине 10 февралалда Махӏачхъалаялда данделъун рукӏана Москваялде хитӏаб гьабурал жамгӏиял ва гӏелмиял хӏаракатчагӏи. Гьезул цояв ккола политолог Денга Халидов. Гьес рикӏкӏунеб буго закон, аслияб куцалда, Россиялъул росабазе данде кколин, нилъер гьаниб къабул гьабичӏого гӏолеб батичӏони, гьелъулъ цо-цо рахъал хисизаризе кколин.\n— Россиялда краялгун областазда ругел гӏисинал росаби лъугӏулел руго, гӏолохъабиги нахъе гочун. Гьенив хӏалтӏизе чи щолев гьечӏо. Херал чагӏи гурони хутӏулел гьечӏо росабалъ. Гьанжеялдаса 100-150 соналъ цебеги хӏалтӏизабулеб букӏараб ракьул 50 азарго гектар буго централияб Россиялдаса Уралалде щвезегӏан квер хъвачӏого тун.\nГьеб законалъул проекталда тӏад хӏалтӏарав депутат Крашенниковас абуна ахираб 15 соналда жаниб 80 хиса-баси гьабунила бакӏалъул нухмалъиялъул законалъулъ. Къого хиса-баси гьанжеги гьабизе кколеб бугила. Кӏинусго нухалъ хи сизабулеб законищ букӏунебин абулеб буго гьес. Дунги рази вуго гьеб пикруялда. Цӏияб закон къваригӏуна. Амма цӏидасан гьеб бахъулелъул хӏисабалде бо сизе ккеларищ Дагъистаналъул ги нилъеда мадугьалихъ ругел цогидал республикабазулги хас лъаби (гӏадатал, гьава-бакъалъул шартӏал ва цогидаб). Магӏарухъ нилъер жамагӏатазлъидал гӏадлуги рукӏа-рахъиналъул низамги чӏезабулеб букӏараб (хур-ах кида бекьилеб, боцӏуда щив телев абун). Дагьа-макъаб Карачаево-Черкесиялдаги Кабардино-Балкариялдаги гурони, гьаниб аскӏоса-гӏебеде Дагъистаналда гурони букӏинчӏо жамагӏатаз гьеб суал тӏубалеб къагӏида. Чачаналдаги Ингушетиялдаги букӏана тейпазул (тухумазул) система.\nСоветияб заман бачӏун хадуб тӏубанго тӏагӏараб гьеб къагӏида цӏилъун бачӏунеб букӏана 1990-абилел соназул байбихьуда. Амма хадубги, къабул гьабун №131 федералияб законгун, жо ккечӏо долъул. Европаялъул хартиялда релълъун бахъараб закон букӏана №131-ФЗ. Ресалда ругел муниципалитетазе гурони данде кколаро доб.\nПалхӏасил, ниж рази руго власталъул вертикаль абураб жо букӏине ккеялда. Дун росдал бегавулги вугин, районалъул хӏакимги тӏадкӏалъачӏого, бокьа-бокьараб гьабулев теян чӏезе бегьуларо. Республикаялъул нухмалъулесда цебе жаваб кьезе ккани, цин росабалъ бугеб ахӏвал-хӏал лъазе ккеларищ районалъул бетӏерасда? — ян бицана Д. Халидовас.\nГьесул пикруялда рекъон, бакӏалъул нухмалъулел тезе бегьилаан кӏуди-кӏудиял росабалъ. Гьезда аскӏоса-гӏебеде ругел, масала, 200 гурони чи жанив гьечӏел гӏисинал росаби абуни гьезда хурхинаризе бегьилаан. Масала, Кӏаратӏа росдал советалда гъорлъе уна Рачабулда. Тӏаса Инхело советалда гъорлъе уна Рацилъги Маштадаги.\n— Азаргоялдаса дагьав чи вугеб росулъ депутаталги къваригӏунаро (гьеб къадаралдаса цӏикӏкӏун чи вугел бакӏазда гурони). Гьенив вищизе ккола бегавул. Районалъул собраниялъги тасдикъ гьавизе ккола гьев. Гьеб хъулухъалда толел чагӏазулги букӏине ккела муниципалияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ хасаб лъай, — илан тӏаде жубана политолог Денга Халидовас бегавулзабаздаса инкар гьабиялда хурхараб законалда бан.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "16112-rakhdal-matsial-ul-bak-nal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16112-rakhdal-matsial-ul-bak-nal", "title": "Рахьдал мацӏалъул бакънал", "date": "2022-02-25 08:42:55", "categories": ["obshestvo"], "text": "22 февралалда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул хӏурматалда гӏуцӏараб “Рахьдал мацӏалъул бакънал” абураб тадбир.\nГьелда гӏахьаллъи гьабуна шагӏирзаби Сабигат Мухӏамадовалъ, Космина Исрапиловалъ, Аминат Гӏабдулманаповалъ, Бахтун Гъазиевалъ, гӏалимзаби — Расул Бахӏамадовас, Хизри Юсуповас, Хазина Аминовалъ, табасаран мацӏалда бахъулеб “Лачен” журналалъул редактор Фероза Солтӏановалъ, журналистаз, студентаз ва цогидаз.\nГьел киназго жиде-жидер рахьдал мацӏазда цӏалана кучӏдул.\nДГУялъул халкъазда гьоркьосеб лъай кьеялъул факультеталда цӏалулел ругел Йеменалдаса, Узбекистаналдаса, Нигериялдаса, Сириялдаса, Египеталдаса, Кореялдаса, Азербайжаналдаса студентаз цӏалана ва ахӏана жидерго рахьдал мацӏалде руссинарурал Дагъистаналъул шагӏирзабазул асарал. Мацӏал батӏиял ругониги, балагьаразе цӏакъ асар гьабуна гьезул церерахъиналъ.\nМ. Манапов"}
{"slug": "16113-ukrainayalda-rag-ul-danderizhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16113-ukrainayalda-rag-ul-danderizhi", "title": "Украинаялда рагъул дандерижи", "date": "2022-02-25 08:44:05", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "24 февралалда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас дагъистаниязде хун хитӏаб гьабуна Украинаялда ахӏвал-хӏал хӏалуциналда бан сабруялда рукӏайин. Рихха-хочиялъул асаралъ кверде росизе чӏечӏого, гӏодоре риччан рукӏине кколин абуна нухмалъулес.\nГьесул рагӏабазда рекъон, улкаялъул бетӏер Владимир Путиница Украинаялда рагъулал операциял тӏоритӏиялъе буюрухъ кьун буго батӏияб рес гьелъие букӏинчӏолъиялда бан. Россиялъул президентас тӏамураб галиялда нахърилълъине кколин нилъ, рахӏатхвеялъул щибниги асарги нилъелъ букӏине кколарин бичӏчӏизабуна республикаялъул нухмалъулес.\nМахӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас абуна жал хӏадур ругин Донецк ва Луганск республикабаздаса лъутун рачӏаразул 200 чи къабул гьавизе. Цебеккун абулеб букӏана гье зул кинавниги 600 чи вачӏине вугин нилъер республикаялде.\nАмма кигӏан Сергей Меликовас халкъ гӏодобе биччазабизе яхӏал гъуниги, республикаялда гӏураб багъа-бачари буго социалиял гьиназдасан кьолел цӏиял харбазухъ балагьани.\nУкраинаялда рагъулал тунка-гӏусиял хӏалуцине байбихьанин абураб хабаралъго гӏемерав чиясул рахӏат хвезабуна. Банкалъул счетазда гӏарцул нахърател букӏарал чагӏи радалго банкоматазде рекерана, карточкаялдаса гӏарац бахъизе. 50 000-ялдаса цӏикӏкӏун гъурущ банкалъул счеталда батани, гӏедегӏел гьабейин гьеб нахъе бахъизе, гурони нужер гьеб тӏагӏине рес бугилан риччарал къватӏул харбазги хӏалакинаруна гьезул пикрабиги ракӏалги.\nКъватӏул харбалин абичӏого, цоги кин гьезда абилеб, бокьараб цо хӏалуцараб лъугьабахъин ккани, пиридул хехлъиялда гьелда цадахъго рижун рачӏуна гьаниса-дораса харбал. Гӏемерисел гьел ратула кьучӏ гьечӏел. Амма бокьараб жо ккезе бегьулеб дунял бугин абураб пикруялъги ханлъи гьабула нилъеда.\nГьединабго хӏалуцин лъугьана Махӏачхъалаялъул цо-цо чӏахӏиял дармил рукъзабахъги. Долларалъул официалияб курс радалиса 110 гъурщиде баханин абураб хабаралъ квешго хиралъана Apple ва цогидаб къайицӏа. Мисалалъе, 13 маркаялъул IPhone фирмаялъул мобилиял телефоназул багьа бахун букӏана 207 азарго гъурщиде. Долларалъул багьа къалъудаса хадуб 80-ялдаса цӏикӏкӏун гъурщиде ккана.\nЦохӏо багьабаз гуребги буго гӏадамазул рахӏат хвезабун. Украинаялде ритӏарал Россиялъул рагъухъабазда гьоркьор руго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубазабулел ругел нилъер ракьцоялги. Чанго сордо-къоялъе гьезул макьуги хӏалхьиги бикъана Украинаялда боркьараб рагъул коралъ. Западалъул макручагӏаз гъураб батаниги, дунялалъул питначагӏазул хӏаракаталдалъун гьабураб батаниги, гьениб иш хӏалуцана.\nГьедин буго жакъа Малороссиялъул ракьалда иш. 70 соналъ Советияб пачалихъалда гъорлъги букӏун, вацал гӏадин нилъгун рекъон букӏараб ракьалда кьвагьулел ракетабазул ва рихъулел гумпарабазул рокьукъаб сас буго. Аллагьас иш ракълиде бачаги. «Рагъалдаса рекъел лъикӏ» абураб пикруялде ругьун гьарун рукӏана нилъ школалъул партаялдаса нахъего. Амма ракълидаса рагъго лъикӏин абураб пикру жакъа цӏакъго берцин бихьулеб буго цо-цоязда…\nP.S. ДНР ва ЛНР чияда рачӏел улкабилъун рикӏкӏарал Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатазе нухал къазе лъугьана бакътӏерхьул рахъалъул улкабаз. Гьединго Дагъистаналдаса депутатазул бицани, Хизри Абакаровасегун Мурад Хӏажиевасе санкциял лъазаруна гьез. Къана къватӏисел пачалихъа зул банказда лъураб гьезул гӏарацги.\nА. Юсупов"}
{"slug": "16116-mungo-tiade-k-ularab-tiokikiarab-itsts-kiochonge-umumuzul-khabada-khurduzul-sas-kiochonge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16116-mungo-tiade-k-ularab-tiokikiarab-itsts-kiochonge-umumuzul-khabada-khurduzul-sas-kiochonge", "title": "«Мунго тӏаде къулараб, тӏокӏкӏараб ицц кӏочонге, умумузул хабада хурдузул сас кӏочонге»", "date": "2022-02-25 09:02:53", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Хӏанчӏица ахӏула, огь, Ватӏанилан,\nДурги буго, Ватӏан, хирияв гьалмагъ.\nДур росуцоялгун дандчӏвай гьабизе,\nМун ахӏулев вуго гӏагараб ракьалъ.\nАссалам гӏалайкум, магӏарулал. «Би цо, бо цо буго нилъер» — гьедин такрар гьабизе цӏакъ бокьула Кӏуядаса Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевасе. Нужер гӏемерисезда вихьунги рагӏунги ватила гьев магӏарулазул горсвериязда, дандеруссиназда кодоб ккун тӏамургун. Гьалдолеб гӏищкъу гъорлъ бессараб хасаб гугьаргун, биччан гьаракьгун кечӏ ахӏулев. Макъалаялъул байбихьуда лъураб ункъо мухъги буго гьес гӏемераб ахӏулеб кочӏолъа босун лъураб. Цӏакъ хириял руго Мухӏамадхӏабибие магӏарул тӏамурги, нилъер машгьурал шагӏирзабаз хъварал хвел гьечӏел асаралги, бацӏцӏадго бицунеб магӏарул мацӏги, магӏарул гӏадатгун гӏамалги, инсухълъиги, умумузул тарихги. Гьеб кинабго цӏакъ хирияб буго гьесие ва гьелъул кутакалда къиматги гьабула.\nГьеб киналъулго хӏакъалъулъ цӏалдолесеги бицине, магӏарул бакъаналда цоги нухалъ кечӏги ахӏизе, магӏарулазул эркенаб гъанситохъе – «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде ахӏун вукӏана нижеца гьев араб хамиз къоялъ. Мухӏамадхӏабибица бицана жиндирго умумузул, магӏарухълъиялъул, рахьдал мацӏалъул ва гьеб гуреб цогидалъул хӏакъалъулъ. Гӏемераб бакӏалде щола гьесул пикраби. Пикрабазегун рагӏабазе гӏорхъаби къалеб, сабруялда кӏалъалеб гӏадат гьечӏо гьесул. Гьелъулъги буго гьесул хаслъи.\n«Кӏочон тоге магӏарухъ магьал раччарал гӏарщал.\nКӏочон тоге магӏарул чода тӏад кьили-тӏенкел»\n— Хӏанчӏилги кӏиго кӏваркьи букӏунеб гӏадин, кӏиго ватӏан буго дир гьаб ракьалда – цояб Гъуниб районалъул Кӏуяда, цогидаб — Шамил районалъул Гъогъолъ. Анкьумумузул рагӏа-ракьанде щун бицине лъугьани, кӏиго сордоги къоги гӏеларин ккола. Бицина къокъго. Дир анкьумумузул тарих байбихьула Кӏуядасан. Гьел гӏахьаллъана Надир-шагь щущахъ виххизавураб бодулъги, Шамил имамасул хьибил ккун гьел рагъана гъазаваталъул рагъдаги, дир ункъабилев эмен жиндир заманалда цӏалана Къарахъа Мухӏамадтӏагьирихъ. Лъабабилев эмен Гӏалисканди жиндир заманалда вукӏана Къахӏив Хӏасан-устарасда аскӏов. Инсул эмен — Гӏабдайилазул Мухӏамад гӏумру гьабун вукӏана гъагъадеридаги тӏелкьадеридаги гьоркьоб бугеб некӏсияб Чарахъ росулъ. Сверухъ ругел Гьонода, Кӏуяда, Гъогъолъ, Тӏелекь росулъ киназдаго лъалев гьунар бугев маххул къебед вукӏана гьев мунагьал чурад. Маххул къебелъиялъе гуребги букӏана гьесул гьунар. Гьесдаса ирсалъе щвараб махщел жакъа хӏалтӏизабула дир инсуцаги (Гӏабдайилазул Мухӏамадил Ахӏмад — гьесулгун гӏатӏидаб гара-чӏвари бахъун букӏана «Хӏакъикъаталъ» араб соналъул октябралда; авт.).\nРекӏел тӏинда букӏуна цо рохел – лъоба (магӏарухъ) цо бакӏ бугинха дирилан абураб пикруялъ. Гьеб пикруялъ беэдула дир ракӏ, гьелъ гӏажаибаб къуватги рохелги кьола черхалъе. Найил тӏулбузда жаниб къараб гӏадаб гӏумругун гьаб шагьаралда чӏун ругел гӏадамазухъ балагьидал, пашманлъи рещтӏуна рекӏелъе. Талихӏкъарал, къо бухӏарал минутаз жанире лъугьине нахъарукъ гьечӏел гьезда дун гурхӏула, битӏараб бицани. Дир рес букӏарабани, киналго миллатцоял магӏарухъе хӏал гьабунги ритӏилаан дица зама-заманалдасан, цӏуне нужерго умумузул мацӏги, умумузул цӏарги, умумузул гъанситогиян, амруги гьабун. Гьедин цӏуничӏони, лъугӏизе буго нилъер миллат. Букӏанила, букӏинчӏила, букӏинецин букӏинчӏилан абун, заманалдасан, салулъе цӏун, къараб лъим гӏадин, лъугӏизе буго магӏаруллъиги, гьелъул бечедаб тарихги. Гьедин ккезе буго нилъеца хӏаракат бахъичӏони.\n— Мухӏамадхӏабиб, рахьдал мацӏ цӏуниялъул бицунеб бугелъул дуца. Амма нилъеда жакъа бихьулеб бугеб хӏакъикъаталъул роценалда рекъон, сверухъе балагьани, кидалъагӏандай гьеб цӏунизе кӏвела? Щайгурелъул гьабсагӏат гӏемер абулеб буго «глобализациялъ» квер лъезе бугин сундаго абун. Нилъер цохӏо мацӏги, цохӏо маданиятги (нилъерго миллияб гуро) гурони, хутӏизе гьечӏин, цӏакъ хӏинкъи бугел прогнозал тӏиритӏизарулел руго. Кӏвеладай гьел шартӏазда нилъеда нилъер мацӏ цӏунизе?\n— Ватӏан бокьи (патриотизм) абураб рагӏул магӏна, щибаб хӏарпхӏарпккун, щивасул бидулъ бессизабичӏони, гӏагараб заманалда гьеб цӏунун бажаризе гьечӏо. Эбелалъ кинидаго лъимадул рекӏелъе рахьдал мацӏалдехун бугеб рокьи, гьелдехун бугеб хӏурмат цӏикӏкӏинабизе бажаричӏони, нилъер умумузул мацӏалъ бищун бани, базе буго 100-150 сон. Гьебгицин базе гьечӏо, цӏияб гӏел цӏакъго бичча-бихъан тани, гьезда магӏарул мацӏ тӏубанго кӏочене рес кьуни. Рахьдал мацӏалда кучӏдул ахӏичӏони, школазда, рокъоб бицинчӏони, годекӏабахъ гьелъул гьаракь къотӏани, лъугӏун, тӏагӏун, ине буго мацӏги маданиятги.\nПатриотизм абураб мисал чорхолъ гьечӏони, нилъ лъиениги къваригӏарал чагӏи рукӏине гьечӏо. Нилъ рукӏине руго нилъеразда гьоркьорги чиярал, чияразда гьоркьорги щибниги къадру-къиматги гьечӏел, пакъирал чагӏилъун. Гьитӏинаб миллат, кӏудияб жанаваралъ кӏкӏураб гӏадин, хвезе буго гьеб мехалъ. Гьединлъидал дица абула гьитӏинаб миллат букӏине ккола гӏужрукъ гӏадин. Кӏудияб жанаваралъе къулчӏизе бокьидал — дандекъан, къулчӏизе лъугьарабго — гьелъул мукъулукъги хъарс-хъарсун бан, жанавар гъанкъизе кӏолеб даражаялда.\nМунго дуего вокьизе ккола, тӏоцебесеб иргаялда. Мунго дуего вокьичӏони, дурго къимат дуца гьабичӏони, дурги гьабизе гьечӏо лъицаниги. Гьеб гьедин ккечӏого букӏине бищун аслияб борчги буго руччабазда тӏад. Гъалбацӏ къинлъун гурони, гъалбацӏ гьабуларо. Эбелалъ кинидахъ ахӏараб кочӏоца гӏадин, сунцаниги куцаларо бихьинчи ватӏан бокьизеги, гьелдаса чӏухӏизеги, къо ккараб мехалъ гьелъие гӏоло хвезеги. Эмен, рукъалъул хважаин, вукӏуна магӏишаталда тӏад виххун, хъизан хьихьизе чед-хинкӏ балагьулев. Гӏаданлъун мун вукӏине куцай — гьеб буго улбузул налъи, гьезул гӏумрудул масъала.\nБесдаллъизе вуго мун, кигӏан рес бугониги\n— Жакъасеб заман буго рухӏияб рахъ хъарцинлъараб, гьелъул къимат хвараб. Цебе абулаан, лъикӏаб кочӏохъ кьоло-гъолораб чу кьолаанин магӏарухъ. Гьединаб букӏана доб мехалъ ахӏулеб кочӏол къимат. Жакъа дуца тӏамуралда ахӏулеб кочӏоца тарбия кьоладай чиясе? Гьелъ сундениги кантӏизавулев вугодай магӏарулав? Къиматаб бугодай гьезие умумузул бакъанги кечӏги? Гьелъул пикру гьабулищ дуца?\n— Жакъа ахӏулеб кочӏол гӏадатияв чияс кин къимат гьабилеб, кин гьесда гьелъул аслуги аслияб магӏнаги бичӏчӏилеб, гьеб жалго артистаздаги, Культураялъул министерствоялдаги бичӏчӏулеб гьечӏеб мехалъ. Цохӏого жо ахӏулел кочӏохъабиян цӏар лъурал чагӏиги руго, гьезда орденал-медалал ралеб, гьезие мустахӏикъал артистазул цӏарал кьолеб министерствоги буго.\nМагӏарухъ цояс босун буго телевизор. Рукъалъул ракьанда гьеб рекъезабулев вукӏаго, мадугьал вачӏун вуго, цӏар щибин алдайин абун. Валлагь, лъикӏ хӏалтӏани, инсул цӏар лъезе ракӏалда бугин жаваб кьун буго телевизор босарас. Жакъа щибаб жоялда жинди-жиндир цӏар лъезе кӏолеб даражаялда нилъ рукӏин, щивас жинда тӏадаб хъулухъ тӏубазе кӏолеб хӏалалъ хӏакимзабиги хъулухъчагӏи рукӏин цӏакъ кӏвар бугеб жо ккола. Гьединаб даража гьезулъ загӏиплъун букӏиналъ ккун буго иш гьелде. Гьелдаго цадахъ ахӏулеб кочӏол даражаги.\nДица ахӏулеб кочӏол аудиторияйин абулаха гъолда гӏурусалъ — гьеб аслияб къагӏидаялъ ккола тӏадмагӏарухълъи. Тӏадмагӏарухъ гӏумру гьабун ругел, ахӏулеб кочӏол магӏнаги бичӏчӏулел, гьелъухъ гӏенеккизеги лъалел, ахӏарал рагӏабазул гъваридаб магӏнаги бичӏчӏулел чагӏи – гьеле дир аудитория.\nРасулил руго цӏакъ гъваридал рагӏаби: «Бесдаллъизе вуго мун, кигӏан рес бугониги», — абун. Бесдаллъулел руго нилъ жакъа.\nРес цӏикӏкӏанагӏан, чванта биццалъанагӏан чи бесдаллъула. Гьелъул магӏна кколаро эбел-эменги хун гьев хутӏи. Гьев бесдаллъула тӏоцеве жиндирго халкъалъе.\nГьездаса вахчизе хӏаракат бахъула гьес бечелъанагӏан. Гьезги квер хьвагӏун тола гьев. Гьеб буго гъоб рухӏияб бесдаллъи.\nГьеб рухӏияб рахъалъ бесдаллъун рукӏине нилъ жакъа бегьуларо.\nЖакъасев артист вукӏине ккола миллат жаниса бихьулеб матӏулъун. Унго-унгояв артист гьев ккола миллаталъул гьумер гӏадав чи. Жакъа цояб кваркьи гӏалимзабазухъ батани, цояб кваркьи артистазухъ, кочӏохъабазухъ бугин абила дица. Амма вугищха жакъасеб сценаялде вахун кӏичӏардулев артист халкъалъул матӏулъун?\nПонцӏорал кӏутӏбиги росун, тӏад къараб тӏажуги ретӏун, артистлъи гьабизе сценаялде яхарай кочӏохъаналъ кинаб мисалги бихьизабун куцалеб бугеб жакъасеб гӏел? Гьезие гӏив ахӏулел, чӏинкӏ бачунел гьагал гӏоркьилал рихьидал, жидецаги гьебго жо гьабизе кколин ракӏалде кколеб буго гӏун бачӏунеб гӏелалда. Чияр бакъаналда гъоркь микрофоналдаса «кутузул гьаркьал» гьаризе цере рахъунел артистал рихьидал, гьеб гӏадатияб жолъун къабул гьабулеб буго цӏияб гӏелалъ. Гьелъ къосинавулев вуго инсан.\nСах-саламатав бихьинчияс, кочӏохъанас чияр бакъан бикъуларо. Гьединан букӏана некӏо магӏарухъ. Гьеб жо цӏогь ккола. Жакъа цӏогьодулел артистаз кинаб тарбия кьолеб цӏияб гӏелалъе? Гьеб цо мисал рехсани гӏеларищ, гьез магӏаруллъи гуккулеб бугеб куц загьир гьабизе.\n«Хваралги ракӏалде щун, шигӏруялда кӏалъазин»\nДир кечӏалъ гьединаб тарбия кьоларо магӏарулазе. Дир кочӏоца чи куцала умумузул бахӏарчилъиялъул пикру гьабизе, гьездаса ракӏ-ракӏалъ чӏухӏизе. Надир-шагьасул аскаразулъги имам Шамилил бодулъги наслаби бахилаб бахӏарчилъи бихьизабурал умумуздаса чӏухӏизе. Кӏалдиб речӏчӏараб гулла чӏамун къватӏибе турал, щукӏдузда далараб гъеж тӏад малги чӏун тӏун рехарал, жужахӏалъул цӏеда бухӏизе кӏолареб яхӏалъул борхалъиялъул церехъабилъун жал рукӏарал, нилъер умумузул хӏакъалъулъ ахӏула дица кечӏ. Гьелъухъ гӏенеккулел гӏадамалги руго сахал, цӏодорал, жидерго пикруги, ассги бугел, унго-унгоял магӏарулал.\n— Кечӏ ахӏи дуца дурго махщеллъун гьабун гьечӏо — гьеб бихьулеб буго. Сценаялде вахун халкъалъе гьеб ахӏулевги мун вихьичӏо. Кин бугониги, щиб жо кколеб дуе жакъа магӏарул кечӏ? Сунца мун гьеб ахӏизе тӏамулев?\n— Цӏакъ битӏараб суал кьуна дуца дие. Кечӏ дир кӏудияв вацасги ахӏула, гӏолохъанаб мехалъ гӏемераб ахӏана дир инсуца — Ахӏмадицаги. Амма нижер кьолбода жаниб кибниги хъвачӏеб къанун гӏадаб жо букӏана цо гьадинаб кьучӏаб мисал. Эбелги, яцалги, гӏагарлъиялъул руччабиги ругеб бакӏалда ахӏизе бегьулареб кечӏ нижеца киданиги ахӏичӏо. Гьеб мисалалда нахъ вилълъун ахӏула дицаги жакъа кечӏ. Сценаялдеги вахун дица гьеб ахӏуларо, белталги ричун концерталги гьаричӏо, гьаризеги гьечӏо. Дица кечӏ ахӏула эркенаб сверуда. Дир кечӏги гьелъул магӏнаги бичӏчӏулел, гьелъухъ гӏенеккизеги лъалел чагӏазе.\nГьаб бакӏалде гара-чӏвари щварабго, нахъойги тӏамурги кодобе босун, эбелаб бакъан биччана гьес. Мухӏамадхӏабибица ахӏана Игьалиса Чупалас гьабураб «Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал» абураб машгьураб кечӏ. Цӏакъ кутакалда асар гьабуледухъ, Шамилил заманги, гъазаваталъул рагъ боркьарал гьалдолел къоялги нилъеда цере чӏоледухъ ахӏула гьес Игьалиса Чупаласул бергьун гъваридаб асар. Гьеб къоялъ гьес ахӏана Расулил машгьураб «Мугӏрул тун авлахъазде, рахъунел магӏарулал» абураб шигӏруги, Фазу Гӏалиевалъул «Мугӏрузул закон» ва гьидерил Хочбариде гьабураб халкъияб кечӏги. Тӏубанго гьесулгун букӏараб гарачӏвариялъухъ ва Мухӏамадхӏабибица ахӏарал кучӏдузухъ гӏинтӏамизе бегьула нижер газеталъул YouTube-каналалдасан.\nАллагьас хъван батани, Мухӏамадхӏабибги гьевго гӏадал, магӏарул миллияб бакъаналда чӏагояб гьаракьалъ кечӏ ахӏизе гьунар бугел кочӏохъабиги данде ракӏарун, магӏарул кочӏол сордо тӏобитӏизеги ракӏалда буго нижеда. Магӏарулал жакъа урхъун руго лъикӏаб кочӏохъ…\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "16117-berazda-bikhun-kveraz-gabun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16117-berazda-bikhun-kveraz-gabun", "title": "Беразда бихьун, квераз гьабун", "date": "2022-02-25 09:15:29", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Ахирал соназда росдал магӏишаталда рихьизарулел ругел лъикӏал хӏасилалги хӏисабалде росун, нилъер республикаялда къабул гьаруна таманал инвестпроектал. Гьезул цо бутӏа хӏалтӏизе байбихьана, цогидал гӏумруялде рахъинаризе руго гӏагараб заманалда.\nТЕПЛИЦАБИ\nХӏалтӏизе байбихьарал проектаз рес кьуна теплицабазул гӏаммаб гӏатӏилъи 633 гектаралде ва гьениса бакӏарулеб продукциялъул къадар 20 азарго тоннаялдаса (2017 сон) 69 азарго тоннаялде (2021 сон) бахинабизе. Шамхал-Термен поселокалда «Югагрохолдинг» ОООялъ балеб буго теплицабазул комплекс (21,2 гектар, гӏаммаб багьа 2,5 млрд гъурущ), 5 гектаралда хӏалтӏи гьабун лъугӏана, гьабсагӏаталда гьеб унеб буго 5,5 гектаралда.\nПИХЪ-ОВОЩАЛ ЦӏУНИЗЕ СКЛАДАЛ\nТӏолабго Россиялда гӏезарулел овощазул 8 процент, пихъил 5 процент, цӏолбол 33 процент гӏезабула Дагъистаналда. Гьединаб, гӏезегӏан лъикӏаб хӏал бугониги, гьел тарихаз тӏубаларо республикаялъул тӏалабал (сезоналъул заманалда овощаз ва кар тошкаялъ хутӏун), гьел росизе ккола цогидал регионаздаса. Гьелде тӏаде, буго цоги масъалаги – нилъер гьанир гӏолел гьечӏо гӏезарурал нигӏматал цӏунизе складал (хӏажатал шартӏал ругел). Гьединлъидал гӏуцӏун руго гьел раялъе хӏадурарал проектал. Гьезда рекъон гьабсагӏаталда байби хьун буго цого заманалда 26 азарго тонна цӏунизе рес кьолел складал разе. 2025 соналде гьеб къадар бахине ккола 32 азарго тоннаялде, 2030 соналде — 70 азаргоялде. Гьел проектазе ракь щвеялъе квербакьизе буго республикаялъ, хӏалтӏул киналго харжал тӏаде росула инвестораз.\nАХАЛ\nАхазул, хасго интенсивияб тайпаялъул (гьез пихъ кьола 3-4 соналдаса), гӏатӏилъи цӏикӏкӏиналъ рес кьезе буго пихъил рахъалъ нилъер тӏалабал тӏуразе, гӏадамазе хӏалтӏи чӏезабизе ва нигӏматал къачӏалеб промышленносталъул хӏалтӏи борхизабизе. Ахихъанлъиялда хурхарал инвестпроектал, аслияб куцалда, хӏалтӏизе руго Юждагъалда.\nНИГӏМАТАЛ КЪАЧӏАЛЕБ ПРОМЫШЛЕННОСТЬ\nГӏезарулел нигӏматазул къадар гӏезегӏан кӏудияб бугониги, гьел къачӏаялъул суал гӏемер беццизесеб хӏалалда гьечӏо. Гьелъие ругел гӏиллаби ккола предприятиязул техникагун тӏагӏел-алат херлъун ва цӏиял технологиял гӏоларого рукӏин, жидерго ругел сурсатазул мукъсанлъи ва бигьаял шартӏазда ругел кредитал щунгутӏи. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ хӏажатаблъун ккезабуна чара гьечӏого хасал проектал гӏумруялде рахъинари. «Хазар» ОООялъ ДагъОгни шагьаралда базе буго лъагӏалида жаниб 15 азарго тонна пихъилгун овощазул сокалгун концентратал къватӏире риччалеб завод. «Нива» ОООялъ Гъизляр районалда базе байбихьана пиринчӏалъул 40 азарго тонна къачӏалеб завод ва гьединабго къадар цӏунизе кӏолеб элеватор. «Агромит» ОООялъул ругел планазда рекъон, базе буго цо сордо-къоялда жаниб 10 тонна гьанал къачӏалеб завод. «Ириб» ОООялъ базе буго пихъил ва овощазул сокал гьарулеб завод (багьа 277 млн. гъурущ), гьеб проект тӏубан хадуб 115 чиясе щвезе буго хӏалтӏизе бакӏ.\nГӏи-боцӏухъанлъиялда гьабулеб ва гьабизе хӏисабалда босун буго саламатаб хӏалтӏи, къабул гьарун руго кӏудиял проектал. Рехсела цокӏигояб. Гӏияхъанлъиялда ругел планаз рес кьезе буго (гӏемераб цогидалъул бицинчӏониги) къватӏисел пачалихъазде бичулеб (экспорт) гӏиял гьанал къадар 2025 соналде 6-8 азарго тоннаялде бахинабизе.\n«Батыр Бройлер» ОООялъ гӏумруялде бахъинабулеб буго «Организация производства и переработки 25 тыс. тонн мяса птицы в живом весе в год» инвестпроекталъул кӏиабилеб бутӏа. Гьеб цӏакъго кӏудияб проекталъул гӏаммаб багьа ккола 2 млрд. гъурущ ва гьелъ 120-гӏанасев чи хӏалтӏудалъун хьезавизе вуго.\nБатӏи-батӏиял программабаздаса пайдаги босун, гӏезегӏан районазда (гьезда гьоркьор мугӏрузулги) разе руго чанго азарго бетӏер чӏегӏербоцӏул хьихьизе рес кьолел, цӏияб тайпаялъул бокьалги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "16120-gudulzabatsa-mun-akhiulev-vugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16120-gudulzabatsa-mun-akhiulev-vugo", "title": "Гьудулзабаца мун ахӏулев вуго…", "date": "2022-02-25 09:28:09", "categories": ["insan"], "text": "Даку… Даку Асадулаев! Гьеб цӏар лъица бугониги абулеб рагӏани яги ракӏалде щвани, чӏахӏияб гӏелалда, хасго магӏарулазда цебе тӏамула хӏалихьалъи мукъсанаб, гӏаданлъи бечедаб, яхӏ-намус щулияб, халкъалъул тӏалабги гӏадамасул къиматги бугеб кӏудияб Советияб улкаги ва гьеб заманалда загьирлъарав, жакъагицин жиндир даражаялде лъилниги гьунар бахинчӏев, магӏарулазул бергьарав кочӏохъан, мунагьал чураяв Даку Асадулаевги.\nРоцӏараб, щибаб рагӏи бичӏчӏизабун, гъваридаб магӏнаялда риун ракӏазулъе тӏолел гьесул кучӏдуз Дагъистанго хӏайран гьабун букӏанин абуни, мекъи ккеларо. Цоги, нилъер миллатаз гуребги, хӏатта гӏурусазцин абулаан доб заманалда гьев лъидаго хисизе кӏоларев, хвел гьечӏолъиялде цӏар ине бугев кочӏохъан вугилан.\nХӏакъикъаталдаги Дакуда кутакалда бичӏчӏулаан Аллагьас жиндие кьураб махщалил къиматги халкъалда цебе бугеб кӏудияб жавабчилъиги. Щибаб цӏияб кечӏ ахӏизе хӏадур гьабулеб мехалда кӏиго-лъабго сордо рогьунаан гьес гьелда тӏад. Цебе лъун магнитофонги, бигьа гьабун ахӏун, цин гьелда хъван, хадуб гӏенеккун, гьаб бакӏ гьадин ахӏизе ккола, добасан бакъан гьадин сверизабизе кколаян гьедин хӏалтӏун, жиндиего хасиятаб Дакул кечӏ лъугьинабичӏого, ахӏулароан я радиоялдасан, я концерталда кечӏ. Чанго соналъ цебе ахӏаралдаги ракӏ рекъон вукӏунароан гьев. Цо нухалъ, ракӏалда буго, дунги Дакуги рукӏана Дакул рокъор гӏухьбузе сайгъат гьабун телевизоралдасан кьолеб концерталъухъ балагьун. Гьеб букӏана 1976 сон. Мунагьал чураяв Хӏажи Гъазимирзоевасул рагӏабазда Дакуцаги ахӏана «Удаманасул ахӏи» абураб кечӏ. Щуго-анлъго соналъ цебе ахӏизе байбихьараб кечӏ букӏаниги, ахӏун лъугӏизегӏан вукӏана дов, жиндирго гъалатӏал ралагьулев. Гьанисан гьадин сверизабизе кколаан бакъан, добасан батӏайиса ахӏизе кколаанилан жиндирго хатӏаби ралагьулев. Гьеле гьединав вукӏана Даку!\nХасго ахирал соназда кӏвар кьолеб букӏана хадур гӏолезе тарбия кьеялъул, ватӏан хиралъиялъул ва тарихиял кучӏдузде. Цӏакъ ракӏ бухӏун букӏуна дир доб мехалъ гьукъун рукӏарал досул диниял кучӏдул магнитофоналдаги хъван рахчун течӏолъиялда. Додигӏан хехго досие къадар щвелиланги, аб дуниял гьадин хисилиланги лъидаха ккелеб букӏараб.\n1976 соналъул кӏиабилеб маялда ниж ахӏун рукӏана хӏабщадерил гъутаналде мунагьал чураяв Хӏабщиса Цӏихӏиласул Хӏажияс. Хӏажияв вукӏана Сулейман-Хӏажи устарасул ясалъул вас. Дакуги, дунги, Нажмудин Шейхмухӏамадовги, Хӏажиявги гурони чагӏи гьечӏеб мехалъ Дакуца, дуе гьадинал кучӏдулги рокьулилан ккола дида янги абун, ахӏана Сибиралде ритӏарал хӏажизабазул хӏакъалъулъ кечӏ. Гьеб ахӏун лъугӏизегӏан бадиса гирун бачӏун кӏаркьабаздаса гӏодобе чвахулеб букӏана Хӏажиясул магӏу. Вахӏ, гьадинал кучӏдулгийищ вац, Даку, дур ругелин гьикъана дица. «Гӏемерал, гӏемерал», — инги абун, гьанже Хӏажиясул ракӏбакъвазабилароян тӏамур гӏодоб лъуна Дакуца.\nДакул репертуаралда хасаб бакӏ ккола бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъул, кире кканиги магӏарул гӏадатги гӏамалги ясбер гӏадин цӏунизе кколеблъиялъул, ватӏан бокьиялъул хӏакъалъулъ бицунел кучӏдуз. Мисалалъе:\nДир бищун анищаб урхъараб мурад,\nСахал гӏадамазе сахлъи, щулалъи.\nЯсазе – берцинлъи, васазе – гьунар,\nГьабулеб ишалъулъ сабру, цӏодорлъи.\nЯги:\nМугӏрул тун авлахъазде\nРахъунел магӏарулал,\nМагӏарул махӏги яхӏги,\nГьарула цадахъ босе.\nГьебго кечӏалдаса:\nЦадахъ босе кӏочонге\nМагӏарул мацӏги цӏарги,\nЦадахъ босе кӏочонге\nМагӏарул гӏадат-гӏамал.\nРасул Хӏамзатовасул рагӏабазда ахӏулел гьал кучӏдузул магӏнаялъул хӏакъалъулъ бицине ккеларо. Бичӏчӏулеб жо буго, шагӏирасеги кочӏохъанасеги дунял бугебгӏан мехалъ, магӏарулал сахал, гӏакъилал, бахӏарчиял, гьунар бугел, жидерго мацӏги цӏарги цӏунарал, киналго рахъал мухӏканал гӏадамаллъун хутӏизе анищлъун букӏараблъи. Умумулъан щварабщинаб, наслабаз билизе течӏого, цебехун кьей гьезул мурад букӏин.\nМисалалъе босизин Фазу Гӏалиевалъ хъвараб гьаб кечӏги:\nДир гьал умумуца законал хъварал\nТӏахьал тун ратичӏо дие цӏализе.\nАмма, законазул цӏар бахъарабго,\nНуж рихьула дида, дир магӏарулал.\nДакуца гьаб кечӏ ахӏулеб мехалъ цебечӏола, магӏаруллъи бижаралдаса, къарнабалъан гӏасрабалъе, гӏасрабалъан гӏадамазухъе, цоцаца цоцахъе кьолаго, цебеса-цебе бачӏунеб магӏарул гӏадатги гӏамал-хасияталъул тӏубараб тарихги.\nХӏисаб гьабеха, Дакуца ахӏулел рокьул кучӏдузулги. Гьел киналго руго чӏужугӏадан кӏодо гьаюлел, рокьул бацӏцӏалъи тӏадегӏанаб даражаялде бахинабулел, ккараб рокьул кьучӏалда цӏиял хъизамал гӏуцӏизе гӏадамал ахӏулел, гьединаб талихӏ кьуразда гьеб цӏуниялъул бугеб кӏвар бичӏчӏизабулел, халкъиялги, Махӏмудица ва цогидалги кӏудиял шагӏирзабаз хъваралги гъваридаб магӏнаялъул кучӏдул. Мисалалъе гьаб кечӏ:\nЙилълъа мугӏрул рахун, йилълъа гӏор бахун,\nГӏурччинал рохьазул расалъаби чӏван.\nЙилълъа, магӏарулай, мун дида цадахъ,\nДурго хӏасраталъул куркьбалги рорхун.\nГӏадада гурелъулха мунагьал чураяв Расул Хӏамзатовасги Д. Асадулаевасе додинаб кӏудияб къимат кьураб.\n1995 соналда Дакул 60 сон тӏубаялъул юбилеялде документалияб фильм бахъулел рукӏана ниж. Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Расулица абуна:\n— Дир гӏумруялда жанив дида лъабго кочӏохъан лъала. Дун гьитӏинаб мехалъ инсухъе вачӏун вукӏана Игьалиса Гӏаращил Гӏумар. Дида гьес кечӏ ахӏулебги рагӏана. Хадуб дун Авар театралда хӏалтӏулеб мехалъ гьенив вукӏана Чӏалдаса Гъазимухӏамад.\nЦинги дунги дагьав кӏудияв гӏураб, дир тӏалабги кечӏалдехун цӏикӏкӏараб заманалда вачӏана Даку Асадулаев.\nДида гьел лъабалго ккола магӏарул ахӏулеб кочӏол Эльбрусал, Казбекал, Гъунимугӏрул, Шагьдагъал, ралъадал гӏадал чагӏи ругилан, — абун.\nГьебго фильмалда гӏахьаллъарав Дагъистаналъул халкъияв поэт, жакъа Хъвадарухъабазул союзалъе нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовасги абуна, Даку вугин нилъер магӏарул ахӏулеб кечӏалъул цого-цо вугев классикилан.\nХӏакъикъаталдаги Д. Асадулаев лъугьана халкъияв кочӏохъанлъун, классиклъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула дов къадаралде щвараб мехалъ магӏарул къогоялдаса цӏикӏкӏун шагӏирзабаз гьесде хъварал кучӏдул-магӏабазги. Битӏахъе бицани, Дагъистанго магӏил цӏезабун букӏана доб авариялъ. Магӏарулаз цоцазда балеб букӏана ракӏ унтараб зигара.\nАраб соналда тӏубана мунагьал чураяв Даку Асадулаев гьавуралдаса 85 сон. Гьал карантиназги пандемиязги гьелда хурхарал тадбирал гьаризе данде ккечӏо. Дакул фондалъул гьариялда рекъон, Культураялъул министерствоялъ хӏисабалде росун руго рехсараб юбилеялда хурхун гӏезегӏанго тадбирал исана тӏоритӏизе.\nАсхӏабгӏали ХӏАСАНОВ, Даку Асадулаевасул цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев"}
{"slug": "16236-vatian-bajbikhula-rakhdal-matsialdasan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16236-vatian-bajbikhula-rakhdal-matsialdasan", "title": "Ватӏан байбихьула рахьдал мацӏалдасан", "date": "2022-03-03 07:08:20", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Церекъад журналистазул букӏана кутакалда ракӏ бохараб къо. Информациялъул ва печаталъул агентствоялде ва Цифрабазулаб цебетӏеялъул министерствоялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов ва председателасул заместителал Ризван Гъазимухӏамадовгун Заур Эминов.\nАраб гӏасруялъул 80-абилел соназда Министрзабазул советалъул председательлъун вукӏарав Гӏ. Мирзабеков ва араб соналда республикаялъул хӏукуматалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏ. Гӏамирханов гурони 40-ялдаса цӏикӏкӏарал соназ гьеб комплексалде республикаялъул нухмалъулел рачӏун рукӏинчӏин абуни мекъи ккеларо. Цифрабазулаб цебетӏеялъул министерствоялъул цӏияв нухмалъулев коллективалъе вихьизавураб тадбиралдаса хадуб, хӏукуматалъул нухмалъулел дандчӏвана республикаялъул газетазул редакциязул хӏалтӏухъабигун.\nГьеб букӏана цебегоялдаса нахъе журналистазе хӏажатаб тадбирги. Гьединлъидал данделъиялда рорхана жакъа Дагъистаналъул жамгӏияталда ругел захӏмалъабазул, информациялъулаб политика гӏумруялде бахъинабиялъулъ ругел квалквалазул ва церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ суалал.\nГӏабдулмуслимовас журналистазулгун данделъи байбихьана жакъа Россиялда ва Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ биценалдалъун. Гьелда хурхун тӏадчӏей гьабуна Ватӏан бокьи ва гьеб цӏуни щивав дагъистаниясул бидулъ бессун букӏунеб даражаялда бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏиялда. Гьес бичӏчӏизабуна, Россиялъул президент В. Путинил амруялда рекъон, Украинаялда нилъер халкъалъе гьа- булеб гӏакъуба къотӏизаби мурадалда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб тад- биралдаса цо-цо нилъер ватӏанцояз бихьизабулеб бугеб разигьечӏолъи, гьеб дагъистаниязда рекъараб иш гурилан. Пикру буссинабуна гьединаб бичӏчӏи гьечӏолъиялде данде рагъ базе ккеялде.\nХӏукуматалъул бетӏерас баркала загьир гьабуна «Дагъистан» РИАялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасе, Россиялъул президент В. Путинилгун букӏараб пресс-конференциялда гьес республикаялъул энергетикаялъул, газалъул ва цӏатариялъул рахъалъ ругел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ кьураб суалалъухъ. Щайгурелъул, гьелъул хӏасилалда Россиялъул батӏи-батӏиял идарабазе кьураб 14 буюрухъазул ункъояб букӏана рехсарал гӏунгутӏаби тӏагӏинари мурадалда Дагъистаналъе гӏарцулаб ва цогидаб кумек гьабизе ккеялда хурхараб. Гьелдалъун Гӏабдулмуслимица бихьизабуна кколеб бакӏалда абураб журналистазул рагӏул даража ва къимат букӏин.\n«ДИЦА ХӏАЛТӏУЛ КЪО БАЙБИХЬУЛА «ХӏАКЪИКЪАТАЛДАСАН»\nГьедин абуна хӏукуматалъул бетӏерас ва бичӏчӏизабуна газетаздехун Гӏахьвахъ районалъул магӏишаталда зоотехниклъун хӏалтӏулеб заманалдасаго рокьи букӏин.\nЖакъа дагъистаниязе ва гьелъул нухмалъулезе кӏвар бугел масъалабазул цояблъун Гӏ. Гӏабдулмуслимовас бихьизабуна миллиял газетазул бугеб ахӏвал-хӏал.\n— Гӏолеб гӏелалъул кӏудияб гӏунгутӏилъун кколеб буго рахьдал мацӏ лъазабиялде хашаб бербалагьи букӏин ва эбел-инсудаса байбихьун, школаги гъорлъе бачун, гьеб хӏал хисизабизе заман щун буго. Гьеб ахӏвал-хӏал хисизабиялъулъ цебе хъанлъи бихьизабизе хӏажат буго миллиял газетаз, — ан абуна гьес.\nДида ракӏалде щвана 1970-абилел соназда Казбек райкомпартиялъул секретарьлъун ва хадуб рай- исполкомалъул председательлъун вукӏарав Гӏабдулмуслимил эмен, Мухӏудин, райкомалъул пленумазда, батӏи-батӏиял данделъабазда гӏурус мацӏалда хӏадурараб доклад магӏарул мацӏалда цӏалулаан кидаго. Гьединаб букӏана хъизамалдаги хӏалтӏудаги рахьдал мацӏалдехун рокьи гьесул инсулги.\nЦадахъ заместителалгун 12 тӏала бугеб борхатаб минаялъув, лифталдаги инчӏого, вилълъанхъун щвана щибаб тӏалаязда ругел редакциязде, лъай-хъвай гьабуна журналистазулгун, хал гьабуна гьезие хӏалтӏуда чӏезарун ругел шартӏазухъ.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялда хӏукуматалъул бетӏерасе бокьана жанахӏалъул къадазда ран ругел магӏарул миллаталъул гӏумруялда жаниб бихьулеб лъалкӏ тарал мустахӏикъал вакилзабазул сура- тал рати. Ракӏалде щвезаруна мунагьал чураяв Мухӏамадтӏагьир Гӏабдулбасировасулгун гӏолохъанав зоотехникасул рукӏарал дандчӏваял ва гьес Дагъистаналъул росдал магӏишат цебетӏезабиялъе гӏоло гьабураб хӏаракатчилъиялъул, гьесул гӏуцӏарухъанлъиялъул бергьараб гьунаралъул мисалал.\nЖУРНАЛИСТАЗУЛ РУКӏА-РАХЪИНАЛДЕ ЦӏИКӏКӏУН КӏВАР\nДандчӏваялда кӏалъазе рахъарал «Дагправда» газеталъул бетӏерай редактор Б. Токболатовалъ, «Дагестан» РИАялъул нухмалъулев М. Мухӏамадовас, «Лезги газеталъул» бетӏерав редактор М. Ибрагьимовас, «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул нухмалъулей Н. Керимовалъ рорхана журналистазул харжазул, мина къачӏаялъул, республикаялъул идарабазе нухмалъулел хӏакимзабазул газетазда рахъарал макъалабаздехун бугеб тӏаса-масагояб бербалагьиялъул, министерствабазул пресс-хъулухъазул хашаб хӏалтӏиялда, журналистазул ихтиярал цӏуниялда хурхарал суалал. Аслиязул цояблъун ккана редакциязул хӏалтӏухъабазе щолеб харж цӏакъго дагьаб букӏиналъул суалги. Гьоркьохъеб хӏисабалда босани, гьеб кколеб буго 17 азарго гъурущ. Гьебин абуни, жакъасел багьабиги хӏисабалде росун, гӏумруялъул даража цӏунизе хӏажалъулелдаса дагьаб бугилан бицана хӏалтӏухъабаз.\nГьениб кӏудияб пикру буссинабуна республикаялда министерствабазул нухмалъулез гӏадамал тӏаде къабул гьариялъул бугеб лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏалалдеги. Гӏабдулмуслим Мухӏудиновичас рагӏи кьуна церелъурал суалал гӏумруялде рахъинаризе ва республикаялъул экономикиябгун социалияб рахъ цебетӏезабиялъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏулъ журналистазулгун щулияб бухьен букӏинабизе.\nЗ. Ильясов"}
{"slug": "16238-begavulzabi-tungutiiyal-ul-khiak-al-ul-tsogi-nukhalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16238-begavulzabi-tungutiiyal-ul-khiak-al-ul-tsogi-nukhalda", "title": "Бегавулзаби тунгутӏиялъул хӏакъалъулъ. Цоги нухалда", "date": "2022-03-03 07:12:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "2 марталда ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана бакӏалъулаб нухмалъиялда хурхун бахъараб законалъул проект.\nЛъалеб букӏахъе, росдал администрациялъул бетӏерасдаса инкарги гьабун, гьесда тӏадал ишал тӏуразе руго территориалиял отделаз. Цӏакъаго гьитӏинал росабалъ, старостаги тезе вуго, халкъалдаги тӏалъиялдаги гьоркьоб кӏкӏал лъугьинаредухъ. Амма цо-цоял гьединаб ишалде данде чӏунги руго.\nРеспубликаялъул росабазда кин гьеб хъатӏилебали цӏех-рех гьабун буго ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул вакил Абсалидин Мурзаевас. Гьелъ- ие гӏоло гьес мисалалъе росун руго гӏемер миллатаз гӏумру гьабулел районал.\nМурзаевас бицухъе, гьес хӏиса балде босараб чанго районалда муниципалиял хъулухъчагӏи хьихьизе харж гьабун батана республикаялъул бюджеталдаса биччалеб гӏарцул бащдабниги.\nГьанже бегавулзабиги гьечӏого рехун тарал росаби, гӏадамалги нахъе гочун, чӏунтизе бегьулин бицен буго. Мурзаевги тӏадрекъолев вуго гьелда, амма гьел нилъеда ракӏалде кколебгӏан кутакалда чӏунтиларин рикӏкӏунеб буго гьес.\nРосабалъ нухмалъи гьабиялъул хӏалтӏуе кумекалъе ругел бакӏалъулал депутатазда божилъи хвеялъулги бицана гьениб, хъутабазда ругел росабазе статус кьеялъул хабарги ккана.\nГьединго Абсалидин Мурзаевас ракӏалде щвезаруна гӏисинал районал цолъизаризе бегьулин кидаялиго жамгӏияв хӏаракатчи Аркадий Ганиевас абурал рагӏабиги.\nЖурналист ва жамгӏияв хӏаракатчи Эдуард Уразаевасда бичӏчӏичӏо хъутабазда ругел росабазе статус кьезе кколин абураб Мурзаевасул пикру.\nГьес мухӏкан гьабуна гьелъул магӏна: хъутабазул ракьазе гуреб, росабазе статус кьей.\n«Бабаюрт, Хъумторхъала, Хасавюрт районазда гӏумру гьабулел гӏадамаз абуна жидер росабазе статус щваниги, жидее бокьилаанила жал магӏарухъ ругел жиде-жидер районазда гъорлъе хъван рихьизаруни. Гьебго жо бокьун буго мугӏрузул районазеги.\nХъутабазул ракьазул суал абуни батӏайиса тӏубазе ккола. Лъил бетӏергьанлъиялда ратаниги, цоцазухъа росун цоцазухъе ижараялъе кьезе бегьула гьел. Гьабсагӏат республикаялъул кӏваралъул ракьаллъун рикӏкӏуна гьел», — ин абуна А. Мурзаевас.\nГьесул пикруялда, республикаялда гӏуцӏизе ккола бакӏалъулаб нухмалъиялда хурхун макъалаби хъвалел журналистазул ассоциация гӏадаб цолъиги.\nГьелъулги цогидалъулги бицине гӏагараб заманалда жаниб цоги нухалда данделъизе къотӏи ккана жамгӏиял хӏаракатчагӏазулги журналистазулги."}
{"slug": "16239-giakhvakh-rajonal-ul-deputatazul-k-asd", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16239-giakhvakh-rajonal-ul-deputatazul-k-asd", "title": "Гӏахьвахъ районалъул депутатазул къасд", "date": "2022-03-03 07:17:31", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДНРалда ва ЛНРалда гӏумру гьабулел гӏадамазул ихтиярал цӏунизелъун гьенире ритӏулел къокъабазда гъорлъе жалги росеян гьарулеб буго Сергей Меликовасда Гӏахьвахъ районалъул собраниялъул депутатаз. Гьелъие гӏоло гьел хӏадурал руго ярагъ кодобе босизеги.\nДРялъул бетӏерасухъе гьединаб кагъат депутатаз битӏун буго 28 февралалда. Гьединабго хӏадурлъи загьир гьабун букӏана церегӏан къоязда Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша Гӏумахановасгун Гӏабдулхӏаким Хӏажиевас ва Эсенбулат Мухӏамадовас.\nГӏахьвахъ районалъул депутатазго гӏадаб хитӏаб Меликовасде Хив районалъул депутатазги гьабунин хъвалеб букӏана интернеталда. Амма гьеб хабар гьереси бугин лъазабуна рехсараб районалъул собраниялъул председатель Садикъ Исрафиловас. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьел хӏадурал руго къо ккедал къватӏире рахъине, амма жидер депутатал Украинаялде ритӏеян гьарараб кагътида гъоркь гъулбасги лъечӏин жинца, кибениги гьебги битӏичӏин лъазабуна Исрафиловас.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "16240-tiotseresel-galbal-k-abul-garuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16240-tiotseresel-galbal-k-abul-garuna", "title": "Тӏоцересел гьалбал къабул гьаруна", "date": "2022-03-03 07:19:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рагъулал тунка-гӏусиязда бан Украинаялдаса лъутизе ккарал гӏадамазул тӏоцебесеб къокъа къабул гьабизе байбихьана республикаялда. 1 марталда Каспийскиялъул мэр Борис Гонцовас къабул гьаюна Луганск республикаялдаса кӏиго лъимадул эбел Екатерина Симельникова.\nШагьаралъул нухмалъулес рагӏи кьуна гӏагараб заманалда гьелъие шагьаралъул школазул цоялда хӏалтӏи кьезеги кӏиябго лъимер ясли-ахалда парахат гьабизеги квербакъизе.\nГьелде тӏадеги гьел лъималазе лъабгоялдаса анкьго сон базегӏан кьолеб гӏарац щвезеги кумек гьабизе буго Гонцовас.\nЕ. Симельниковалъ бицана Каспийск тӏаса бищиялъе гӏилла кканин цееги жий гьание щун йикӏин. 2014 соналда гьение гочун ячӏун йикӏана гьелъул эбел. Гьединлъидал Каспийск шагьарги цӏакъ рекӏее гӏун буго гьелъие. Луганскиялдаса нахъе ине ккедал, жинда тӏоцебе ракӏалде бачӏанин Каспийск ва хӏукму гьабунин гьание ячӏинеян бицана Симельниковалъ Гонцовасулгун букӏараб дандчӏваялда.\n19 февралалда улкаялъул бетӏер Владимир Путинида СКФОялда тарав вакил Юрий Чайкаца абун букӏана Северияб Кавказалъул регионал хӏадур ругин Донбассалдаса лъутун рачӏарал чагӏазул 3300 чи къабул гьавизе. Гьезда гьоркьоб Дагъистаналда кӏолин 600 чи тӏаде восизе.\n22 февралалда нилъер республикаялъул нухмалъиялъги абуна Украинаялдаса нахъе лъутизе ккарал чагӏи жидеца хӏебтӏизе ругин Гъарабудагъкент ва Хайдакъ районазда, гьединго Избербаш ва Махӏачхъала шагьараздаги абун. Мисалалъе, Махӏачхъалаялъул нухмалъулев Салман Дадаевас абуна жидеда кӏолин гьезул 200 чи къабул гьавизе."}
{"slug": "16241-sagiudiyaz-nil-er-urba-betstsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16241-sagiudiyaz-nil-er-urba-betstsana", "title": "Сагӏудияз нилъер урба беццана", "date": "2022-03-03 07:20:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Украинаялда Россиялъ рагъулал тадбирал тӏоритӏиялда дандечӏун, бакътӏерхьул улкабаз санкциязул цӏад базабулеб буго нилъер пачалихъалде.\nМасала, BoeIng самолетал хӏадурулеб фирмаялъ лъазабуна са- молетал гьарулелъул хӏажалъулеб батӏи-батӏияб къайи-цӏа жидеца Россиялде битӏизе гьечӏилан.\nАвтомобилал гьарулеб Ford ком- паниялъ лъазабуна Россиялда жи- дерго хӏаракатчилъи чӏезе танилан.\nРоссиялда хӏалтӏулел рукӏарал къватӏисел пачалихъаздаса спортивиял тайпабазул цо-цо тренераз, къотӏи-къаялги хвезарун, нилъер гьанир хӏалтӏизе инкар гьабуна.\nAmerican Express абураб гӏарцуда хурхарал операциял гьарулеб компаниялъ хвезаруна Россиялдаса партнеразулгун рукӏарал хӏалтӏулал гьоркьорлъаби\nГьелдаго цадахъ гъурщил багьа- ги учузлъана. Гьелъул хӏасилалда цо-цо къайи хиралъана. Мисала лъе, Apple жиндирго къайи-цӏагун Россиялъул базаралдаса нахъе ана.\n«АвтоВАЗалъ» лъазабуна автомобилал щуго проценталъ хиралъанин. Мисалалъе, Лада-Веста маркаялъул машинадул багьа бахана миллионгун 331 азарго гъурщиде.\nКванил нигӏматазул багьаби жеги чӏун руго. Амма Махӏач хъалаялъул оптовиял багьабазда хӏалтӏулел ричарухъабаз бицана гьенибги цо-цо жо хиралъизе байбихьанин абун.\nАмма гьеб киналдаго гьоркьоб цо лъикӏаб хабарги буго.\nМаккаялъул Дармилгун Промышленнияб палатаялъ 75 сон тӏубаялда хурхун гьал къоязда Сагӏудиязул Гӏарабиялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб выставка. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна нилъер республикаялдаса предпринимателазги.\nГьенир рукӏана нилъер халкъиял махщелчагӏазул тӏагӏел-алатаздаса байбихьун, суратаздаса гӏуцӏараб фотовыставкаялде щун — гӏемераб батӏияб жо. Гӏуцӏун букӏана нилъер миллияб квен-тӏехалъул бечедаб тепсиги. Гьеб киналдаго гьоркьоб бищунго цӏакъ тӏаде бер цӏалеблъун букӏанин гьеб выставкаялда магӏарул урбаян бицана тадбиралда гӏахьаллъи гьабурал ракьцояз.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16242-rag-uj-k-ali-bukhulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16242-rag-uj-k-ali-bukhulel", "title": "«Рагъуй къали бухулел…»", "date": "2022-03-03 07:26:40", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечӏев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего бокьун буго рагъ лъугӏизе, ургъелал кӏочараб, берцинаб яшавалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьу- нелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечӏо гьениб. Гӏемерисел пачалихъал Россиялде дандечӏун ругеб гӏадаб сурат буго. Санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде.\nСпорталъул рахъалъ дунялалда тӏоритӏулел кинал рукӏаниги къецаздаса нилъер спортсменал махӏрум гьарун руго. Доллар хиралъана. Гьелда рекъон, хиралъана гӏемерисеб къайи-цӏаги. Гӏадамал руго банкоматаздаса гӏарац бахъулел. Рагъде васал арал улбул ургъалида руго. Украинаялда рагъде ритӏаразда гъорлъ дагьал гьечӏо нилъер республикаялдаса гӏолохъабиги.\nКъокъго абуни, ахӏвал-хӏал расги лъикӏаб гьечӏо. Киналго ралагьун чӏун руго Россиялъулги Украинаялъулги делегациязда гьоркьор тӏоритӏизе ругел кӏалъа-басаялъул хӏасилазухъ.\nЖакъасеб номералда нижеца кьолеб буго Украинаялда унеб рагъуда тӏасан магӏарулазул гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъул цоцо вакилзабаз загьир гьарурал пикраби.\nМухӏамад Мухӏамадов, ДНЦялъул РАНалъул Мацӏазул ва адабияталъул институталъул грамматикиял цӏех-рехал гьарулеб бутӏаялъул нухмалъулев:\n— Хӏакъикъаталдаги киназего буго ургъел жакъа Украинаялда унеб рагъул. Умумузул аби буго рагъалъ вас гьавуларин абураб. Амма рагъуе тӏоцебе къали бухарал чагӏи нилъеда лъала щалали. Гьеб ккола США. Украинаялъул гӏакълу гӏечӏо Россиялъулгун питна-кьал жидее къваригӏун гьечӏин, нижги жахӏалго тейин, СШАялъул бутӏрузда абизе. Гьел ана гьезда хадур ва гьез абураб гӏадахъ босана. Гьелъул хӏасил жакъа нилъедаги бихьулеб буго.\nНилъер гьениб батӏияб пикру кинабха букӏинеб? Нилъ киналго Россиялъул гражданал ругелъул, жакъа цолъизе, гъункизе ккола ва киназго рагьун абизе ккола Украинаялда НАТОялъул блок хӏажат гьечӏин. НАТОялде гъорлъеги ун, Россиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб бугеб гӏурхъилъун хӏажат гьечӏо нилъее жакъа Украина. Нилъее къваригӏун буго гьенив лъикӏав мадугьал. Мадугьаллъун гуреб вацал гӏадин рукӏана гьезул халкъ 70 соналъ нилъгун. Амма СССР биххун хадуб биххана гьезул вацлъиги, баккун бачӏана тушманлъиги, жахӏда-хӏусудги, хӏалихьалъиги.\nГьеб гуребги, гьезда (Западалда) ракӏалда букӏана Украинаялдаса хадуб Грузиялдаги НАТОялъул блокги лъун жидерго мурадал гӏумруялде рахъинаризе. Дагъистаналъул гӏорхъода НАТОялъул блок нилъееги къабулаб жо гуро.\nЖиндир заманалда Путиница цо гара-чӏвариялда абун букӏана, НАТОялда гъорлъе Россияги бачейин аби- дал, Буш (Джордж Буш — СШАялъул вукӏарав президент) цӏакъ квеш ва- лагьанин жиндихъилан. Гьезие Россия НАТОялда гъорлъ къваригӏун букӏинчӏо, гьезие къваригӏун букӏана Россиялъул ракьулъ бугеб бечелъи. Нилъер жеги гӏемераб нартги, газги, цогидал магӏданалги руго ракьулъ. Амма жидерго дора ругел тӏабигӏиял бечелъабазул сурсатги мукъсанлъун, гьанже гьезие къваригӏун буго нилъер магӏданазда тӏад кверщел гьабизе.\nМурад Багилов, Гъуниб районалъул Къорода-Кьотӏа школалъул нухмалъулев:\n— Цогидазего гӏадин, диеги ургъел буго Украинаялда жакъа рагъулел ругел нилъер ракьцоязул. Дица дарс кьурал гӏолохъабазул чангоявги вуго жакъа гьеб рагъулъ.\nДица тӏубанго рахъккола Владимир Путиница гьабураб хӏукмуялъул. Хӏатта абила, гьанжеялдаса анкьго соналъ цебего битӏизе кколаан гьенибе аскар. Щайгурелъул, 2014 соналдаса нахъе нилъеда бихьана, гьанжеялдаса 80 соналъ цебе дирги дурги кӏудаинсуца кьичӏчӏи бакъвазабун букӏараб фашизм гьениб (Украинаялъул ракьалда) цӏидасан тӏегьан бачӏараб куцалъул. Хӏатта дол фашистал кӏочон тарал жанаварал рукӏун руго гьенир бандеразулазул къавм. Гьез чӏвалел рукӏана руччабиги, лъималги, херал чагӏиги, рухӏулел рукӏана рукъзал, гьабулеб букӏана хъамалчилъи. Гьеб киналъего ахир лъезе заман щун букӏана. Гьединлъидал Путиница гьеб гали тӏамичӏого рес букӏинчӏо.\nУзухъда, дунгоги цеве чинал рарав, рагъулаб хъулухъалда вукӏарав чи вукӏиндал, дица абула бихьинчиясда тӏадаб буго нилъерго ватӏан цӏунизе. Ярагъ кодобе босанищ, дудаго тӏадаб налъи тӏубазе ккола дуца, рагъулав хъулухъчи хӏисабалда.\nАллагьас нилъер киналго гӏолохъаби сах-саламат гьениса нахъруссагиян дугӏа гьабила нилъеца киназго.\nУкраина сабаблъун санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде бакъ тӏерхьул улкабаз. Австралиялда абун рагӏула нилъер гьанибе жидеца тӏокӏаб кенгурудул гьан битӏиларин абун. Гьанже гьезул кенгуруялъул гьанги кваназе щвечӏого кинха дунги цогидавги вукӏинев Къорода. Гьезул санкциял дие руго, умумуз абухъе, тӏохде балеб цӏад гӏадинаб жо. Доллар бахунеб буго, бахайин абеха. Ахир лъие квеш кколебали бихьила. Россиялъул экономика накалтӏе ккезабизе гьезда ракӏалда батани, гьел жалго ккезе руго накалтӏе. Нилъер тӏабигӏиял бечелъабазул сурасат жеги гучаб буго.\nСанкциял гӏемерлъунин, доллар хиралъунин гьанив магӏарухъ вугев дие щибниги къварилъи гьечӏо. Дие харжги доллараздалъун бачӏунаро, гьез санкциял гьарунин абун дица хуриб бекьараб нигӏматалъе щибго заралги кколаро.\nГьале, Украинаялда гьеб хӏалуцин байбихьун анкь ана. Амма цохӏо дора рагъулел ругел гӏолохъабазухъ ракӏ унтун гурони, президентасул политикаялда дандечӏун кӏалъалев чи дида цадахъ хӏалтӏулезулги гьечӏо. Нагагь къо ккани къватӏиве вахъине хӏадурав, хӏалхьиялда вугев лъабгониги офицерги вуго дир сверухълъиялда. Гьелдеги иш бачӏинареб батила, Аллагьас рагъги гӏагараб заманалда лъугӏила.\nШамил Хӏасанхӏусенов, «Махӏачхъалаялъул гӏолилал» ДРОялъул нухмалъулев:\n— 2014 соналъ, Украинаялда пачалихъияб хиса-свериги гьабун, тӏалъиялде рачӏана фашистазулаб идеологиялъул, гӏурус чи цӏакъ рихарал гӏадамал. Гьелдаса нахъе буго гьениб ахӏвал-хӏал хӏалуцунги. Гьелдаса нахъе рукӏана Луганск ва Донецк республикабазда расги гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвалел. Анкьгогӏан соналъ чӏана нилъер пачалихъ сабру гьабун, лъугӏилародай гьениб чӏвай-хъвей абун, маслихӏат гьабизеги чанцӏулго къасд гьабуна. Амма лъугӏичӏо, лъугьинчӏо маслигӏатги. Гьединлъидал исана февралалда, Федерацилъул советалда дандги бан, ООНалъул резолюциялда бихьизабураб изнуялдаса пайдаги босун, президент Владимир Путиница хӏукму гьабуна гьенибе аскар битӏизе.\nЖакъа гӏемерав чияс гӏемераб жо хъвалеб буго социалиял гьиназда. Хӏажат гьечӏила нилъее санкциялги, къваригӏун гьечӏила рагъги, гьеб би тӏей чӏезабеян хитӏабал гьарулел чагӏи гӏемерал руго. Дунги разияв вуго, доб гӏурусазул кициялда абухъего, ччобораб рагъудаса, хӏалакъаб букӏаниги рекъелго лъикӏин абураб каламалда.\nНилъер пачалихъалъул нухмалъулес абуна, жакъа Россиялъ гьединаб гали тӏамун букӏинчӏебани, метер гьебго ярагъ СШАялъги, НАТОялда гъорлъ ругел цогидал пачалихъазги нилъеде (Россиялде) данде кьвагьи- зе букӏанин абун. Гьебги хӏисабалде босун, гьабичӏого рес гьечӏеб хӏукму букӏанин Украинаялде аскар битӏи. Санкциязухъаги хӏинкъун жакъа нахъе кӏанцӏун чӏезе нилъ бегьи- ларо. Щайгурелъул Украинаялда гьеб рагъ ккун букӏинчӏебаниги, Западалъ нилъее санкциял лъазари зе цогидал ресал ратулаан. Гьеб нилъеда бихьана ахираб заманалда, кӏигьумерчилъиги, хӏалихьалъиги гурони СШАялъ нилъеде гӏаданлъиялъул рахъ хӏалтӏизабичӏо.\nНилъер гӏолохъабазда Аллагь гурхӏаги, гьелги сах-саламатго жидерго эбел-инсухъе, хъизамалъухъе нахъ руссине хъван батаги. Нилъеца киназго гьезие гьедин ккагиян дугӏаги гьабила, ИншаАллагь. Гьанже бищун кӏудияб хьул буго кӏиябго пачалихъалда гьоркьор ракълилал кӏалъа-басаязул хӏасил лъикӏаб ккелин абураб. Тӏоцебесеб дандчӏвай гьез тӏобитӏана, 2 марталда цоги нухалда дандчӏвазе руго. Хьул буго Украинаялъул рахъалдаса делегациялъул къокъаги ракълиде бачӏинин абураб. Нилъее рагъ хӏажат гьечӏо, рекъел къваригӏун буго. «Рагъалдаса рекъел лъикӏ» абун цӏакъ берцинаб ва гӏакъилаб кици буго умумузул. Киназего гьарула роцӏараб зобги талихӏаб гӏумруги.\nМурад Ахӏмадов, «Гьудуллъи» ва Лачен» журналазул бетӏерав редактор, публицист:\n— Бокьараб рагъуда, кинаб гьеб батаниги, гьелда дандечӏарав чи ккола дун. Гьединго, гӏайиб гьечӏел, кумек гьечӏел гӏолохъабигун ручччаби ва лъимал чӏваялдеги. Гьеб киналдего дандечӏарав чи вукӏана дун кидаго, жакъаги дир пикру хисун гьечӏо. Амма… Амма Донбассалда жакъа бугеб бада-гъудур, рагь-кьал халатбахъунеб бугелдаса микьго сон буго. Лъиениги, жибго Украинаялъеги гьелъул ургъел букӏинчӏо. Чӏвалел, холел руго щибго гӏайиб гьечӏел чагӏи. Жакъа гьез «гӏащтӏичи» абун рокьукъаб тӏокӏцӏар жинда рекӏинабураб Россиялъ, гьеб микьабго соналъ Украинаялъе бикьана газ, ток, нарт ва гьеб гуреб, кванил нигӏматаздалъунги хьезабуна гьезул халкъ. Амма Украинаялда гьеб бихьичӏо, гьезда гьеб кӏочон тана. Гьезул Россиялдехун букӏана хӏехьезе кӏолареб рокьукълъиги ццимги.\nУкраинаялда лъугьунебги толелъулги хӏакъикъат рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏуларезе бигьа букӏуна батӏи-батӏиял рагӏаби рехизе. Амма дида гъваридго бичӏчӏула ва лъала гьениб лъугьунеб жо. Щайгурелъул дица гьелда хадуб цебегоялдаса нахъе халккун бугелъул. Гьединлъидал дица абила, гьанже гьеб цебе букӏараб Украина гуро. Гьеб буго Западалъе данде кколеб, гьезул зурмихъе кьурдулеб Антироссия. Гьелде сверана гьеб.\nДие бокьула Украина. Щайгурелъул дун гьенив гьавидал. Гьенив цӏалана, гьенир руго дир гьудулза-би, дида лъала гьезул мацӏ. Гьединлъидал дие гьеб чияраблъун кколаро. Украинаялда руго дир рекӏее гӏагарал ва хириял чагӏазул хабзал.\nДир кӏудияв эмен вагъана гьеб ракьги цӏунун, Днепр гӏорда бу кӏараб гучаб рагъулъ лъукъана гьев. Кӏудияй эбелалъ хӏехьана Ленинградалъул блокадаялъул ракъи. Дир эбелалъул вац хвана Чернобылалда ккараб атомалъул балагьалдаса гӏадамал цӏунулаго унтиги ккун. Гьел киналго рукъун руго Украинаялда.\nАмма жакъа гьеб тӏубанго хисана. Гьез жидерго рокьукълъиялъул цӏураб гьумер буссинабуна Россиялдехун. Рокьукълъиялъулги ццидалги цӏурал къучӏби рукӏана гьез лъагӏалабаз цӏезарулел.\nУкраинаги Россияги букӏана цо халкъ, амма гьел цоцаздаса тӏезаризе лъагӏалабаз хӏаракат бахъана хасал чагӏаз. Тӏоцебе гьелъие байбихьи лъу- на 90-абилел соназ, гьелъул вукӏарав президент Леонид Кучмаца. Гьевги, гьесда хадур рачӏарал хутӏарал президенталги рукӏана гӏурус мацӏги рихарал. Хадуб къватӏисел пачалихъаз байбихьана Украина яргъидалъун хьезабизе.\nЖакъа рес букӏанищ гьаб вахӏ шилъиги би тӏейги нахъчӏвазейин суал кьуни, дица абила, букӏанин. Амма жакъасеб Украинаялъул мурадал батӏиял руго – Россиялъул сан гьабунгутӏи. Гьабсагӏат унеб рагъуде гьел рачӏана ургъун, жидедаго ракӏчӏун.\nАллагьас кантӏиги, гӏакълуги, къуватги кьеги гӏагараб заманалда гьеб балагь лъугӏизабизе, би тӏей чӏезабизе.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16243-buznasa-nukhal-ul-khasab-balagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16243-buznasa-nukhal-ul-khasab-balagi", "title": "Бузнаса нухалъул хасаб балагьи", "date": "2022-03-03 07:32:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гӏадада гуро абулеб нух бугеб бакӏалда гӏумруги букӏунин абун. Хасго гьеб лъикӏ бичӏчӏула магӏарухъ гӏумру гьабун ругезда. Умумузул заманалда магӏарухъ ругел росабазул гӏатӏиракьалъулгун букӏараб загӏипабго бухьеналъе рукӏана гьаказул нухал. Цӏияб заманаялъ цере лъуна цӏиял масъалаби ва гьел тӏураялъе ратана щибаб заманалда рекъарал ресал. Бухьеналги гӏемерлъараб, кӏуди-кӏудиял хӏалтӏабиги гьаризе байбихьараб заманалда рахъана цӏиял нухал, къачӏана ва гӏатӏид гьаруна басриял. Мугӏрузул районазде нух гӏемерго къокъ ва бигьа гьабиялъе 1979 соналда лъуна цоги кӏудияб ишалъе кьучӏ.\nГьеб соналда байбихьана Генуб росдал рахъалдасан тоннель бахъизе, югалъулаб рахъалдасан (Буйнакск) гьелда жубалеб хӏалтӏи байбихьана 1983 соналда. Ракьул гьумералдаса 900 метралъул гъварилъудасан унеб, цо сагӏаталда жаниб ункъазарго машина хьвадизе рес кьолеб, анкьго метр гӏеблъиялъул, Россиялда бищун халатаблъун кколеб (4303 метр) тоннель бахъун лъугӏана 1991 соналда. Амма капиталияб къагӏидаялда къачӏан, букӏине кколеб куцалда гьеб хӏалтӏизе биччана 2012 соналда. Гӏемерал районазе гьелъул буго кӏудияб кумек. Амма руго цо-цо гӏоларел рахъалги. Борхалъи щуго метр бугониги, гьенисан ине бегьуларо юк баччулеб транспорт. Гьелъул северияб рахъалда гӏемер руго эхедераял, захӏматал свераби. Гьединлъидалги батила цебегоялдаса нахъе букӏана магӏарухъе нух бахъиялъул рахъалъ цоги пикру. Нухазул хӏалтӏул хӏалбихьи бугев устар Дибиров Мухӏамадкамилил хӏаракаталдалъун, Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Гӏанди ва Авар гӏорал журалеб бакӏалде (Генуб росулъа гьенибе буго 6 км) бачӏунеб, 30 км халалъиялъул «Бузнаса нух» (Бузнаб ккола Генуб росдал мархьи-кули) бахъизе байбихьана 2014 соналда. Лъугӏизе ккола 2024 соналда. Кутакалда кӏвар бугеб ва цӏакъго кӏудияб гьеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталда» гӏезегӏан хъвана, гьелъул гӏуцӏарухъаби (Дибиров Мухӏамадкамил ва Мухӏамадов Набиюла) чанго нухалъ редакциялде щунги рукӏана. Гьале гьал къояздаги гьев кӏиявго ва гьезда цадахъ ругел жамгӏиял хӏаракатчагӏи нахъеги рачӏана редакциялде. Гьез бицана нух бахъиялда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьез бицухъе, жакъа къоялде нухлул аслияб бутӏа бахъун лъугӏун буго, амма цебе буго ункъо километралъул халалъуда бугеб цӏакъго захӏматаб бутӏа. Пачалихъалъул цо гъурущ хӏалтӏизабичӏого, садакъаде гӏадамаз кьолеб гӏарцухъ гьабулеб буго гьеб хӏалтӏи. Амма хӏажат буго жеги кумек. Кумек гьабулел гӏадамал гӏезегӏан ругониги, киназдаго гуро бичӏчӏулеб бугеб гьеб нухлул хӏакъикъат. Гьединлъидал данделъиялда лъикӏаблъун бихьана бугеб хӏал бицун росабазул жамагӏатазулгун дандчӏваял тӏоритӏизе, рагӏи билълъарал гӏадамаздехун хитӏаб гьабизе. Данделъиялдаса хадуб цо-цо суалал нижеца мухӏкан гьаруна Набиюлада ва Мухӏамадкамилида цӏехонги.\n— Нух бахъиялъе хӏалтӏизабулеб гьечӏо пачалихъалъул гӏарац. Хӏажалъи гьечӏогойищ яги цоги гӏилла букӏунищ?\n— Кӏудияб иш гьабулаго гӏарцуде хӏажалъи кидаго букӏуна. Дица абулеб жо буго пачалихъалъул киналгӏаги программабазда гьоркьоб гӏахьаллъиги гьабичӏого, киридахъ гӏадамаз кьолеб гӏарцул къуваталдалъун бахъулеб нух бугин гьебилан абун. Пачалихъалъ тӏаде босани, нухлул фондалъул гӏарацги биччан цӏакъ къокъаб заманалда жаниб лъугӏизабизе кӏола гьеб.\n— Кӏудияб хӏалтӏи гьабулелъул масъалаби гӏемер дандчӏвала. Гьезул аслияллъун кинал рикӏкӏине бегьулел?\n— Хӏалтӏухъабазе харжги кьезе, техникаялъе цӏатариги запчасталги росизе, цоги суалалги тӏуразе ккани, хӏажалъула гӏарац. Гьединлъидал аслияб масъалаги буго гӏарац гӏолеб гьечӏолъи, гьелда бараб буго кинабго хӏалтӏи.\n— Нужеца абуна гӏадамаз кьураб гӏарцул цо гъурущ цогидал мурадазда харж гьабуларин абун…\n— Кида, лъица, щиб кьурабали киналъулго буго мухӏканаб хӏисаб. Бокьараб къоялъ, бокьарав чиясда бихьизабизе кӏола кинабго, цо дагьабниги щаклъи бугев чияс халгьабизе бегьула.\n— Чан хӏалтӏухъан вугеб, кигӏанасеб техника бугеб?\nЩибаб къоялъ хӏалтӏула 10-гӏанасеб единица техникаялъул, вуго 15 хӏалтӏухъан. Гьаб ахираб 2-3 моцӏида жаниб лъоба гьабуна цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи. Кирниги свераби, эхедераял гьечӏеб, 7-12 метр гӏеблъи бугеб, хасалоги цӏер къалареб нух унеб буго ралъдал гьумералдаса 540 метралъул борхалъудасан (тоннелалда буго 1150 метр). Гьединаб къагӏидаялда нилъер гьаниб жеги киданиги бахъун букӏинчӏо нух.\n— Щибха бугеб нужее абизе бокьараб?\n— Гьеб буго бихьичӏев, гьениве щвечӏев чи божулареб хӏисабалъул нух. Жакъа хӏажат буго кумек, хасго гӏарцудалъун. Цо-кӏиго соналъ нилъеца къвал къани, тӏубазе буго кинабго. Гьелъие кӏварас кӏвараб кумек гьабуни, гьеб букӏине буго Аллагьасда цебе кириги кӏудияб, тӏолабго Дагъистаналъе, хасго магӏарухълъиялъе мунпагӏатаб, пайдаяб хӏалтӏи. Гӏемер руго кумек гьабулел гӏадамал, амма камулел гьечӏо хӏажат гьечӏел, кумек гьабизе бокьаразулги ракӏ буссинабулел харбал рицунелги. Гьединаб щаклъи бугев чи вачӏа лъове, нижеца бихьизабила кинабго. Гьединлъидал, бокьилаан гӏарцудалъун кумек гьабизе кӏоларес рагӏудалъун гьабизе, гьединги кӏолеб батичӏони гӏенеккунгӏаги чӏезе.\nХӏалтӏи унеб буго гьоркьоб къо течӏого. Аллагьасул кумекалдалъун хадубккун инеги буго. Лъица щиб кумек гьабун батаниги, гьезие буго баркала. Гьабурасе гьабураб батулин абухъе, хадубккунги гьабуни бокьилаан.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "16244-g-unib-dur-bertsinl-i-bitsun-pajda-shchib", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16244-g-unib-dur-bertsinl-i-bitsun-pajda-shchib", "title": "Гъуниб, дур берцинлъи! Бицун пайда щиб…", "date": "2022-03-03 07:34:09", "categories": ["magiarukh"], "text": "Нахъеги магӏарухъе — машгьураб борхатаб Гъунире. Цӏидасанги магӏарухъе, щивав магӏаруласе рекӏел тахлъун бугеб. Гьаб ракьалъ Дагъистаналъе ва дунялалъе кьунщинаб машгьурлъи. Халилбегил суратаздаги Мухӏамад Хӏажиевасул гьунаралдаги цебе бетӏер къулана ду- нялалъ. Ахӏулгохӏалъул цӏияб къиса гьаниб хъвана имам Шамилица. Миллаталъул тарихалда жидерго тарих бугеб борхатаб Гъуниб. Къабул гьаре дур тарихалдаги, къисаялдаги, къисматалдаги цере бутӏрул къулулел магӏарулал.\nАраб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирзабиги щвана Гъунире. Гьенир данделъулел рукӏана «Гъуниб» районалъул газеталъул юбилеялде, ай 100 сон тӏубаялде хӏадурлъиялъулги «Гъуниб» журналалъул иргадулаб номералъулги хӏакъалъулъ бицинеги.\nДандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Абакаровалъ.\nГазеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ ва гьелъул 100 сонилаб байрамалъулги журналалъул цӏияб номералъулги гьалбадерие бицана районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировас.\nРайоналъул газеталъул тарихги, гьелъ районалъул гӏумруялъулъ ккураб, кколеб бугеб бакӏалъул, журналазулги гӏатӏидго бицана редактор Мухӏамад Къебедовас.\nКӏалъазе рахъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов ва гӏалимчи Мухӏамад Ибрагьимович Мухӏамадов, Баху Мухӏидинова магӏарул журналалъул редактор. Журналалъул хӏа къалъулъ гьез жидерго пикраби загьир гьаруна, ва гьенибго бицен ккана авар мацӏалъул букӏинеселъул хӏакъалъулъги.\nТубхӏат Зургьаловалъги ракӏалде щвезаруна Гъуниб клубалъул сценаялда рукӏарал гӏолохъанлъиялъул талихӏал лахӏзаталги, гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьулги, авар мацӏалъул букӏинеселъулги. Рахьдал мацӏалъул ва гьеб цебетӏезабиялъе гьаризе ругел ишазулги, республи- каялъул Халкъияб Собраниялда мацӏазде кьезе бугеб кӏваралъулги ва депутатазул рукӏине ругел тӏалабазулги бицана Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатал Махӏмуддибир Каримовас ва Мухӏамад Кӏудиявмухӏамадовас.\nГьединго тадбиралда кӏалъазе рахъана «Гъуниб» журналалъул номер биччалелъул, гьенир гӏахьаллъарал Мухӏамад Абакаров, Зульфия Хӏажиева, Шамай Хъазанбиева, Асият Ханова, Рукъият Гӏалисултанова. Гьезги бицана журналазда жидецаго хъварал макъалабазулги, рахьдал мацӏ цӏуниялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ. Мухӏамад Къебедовасги баркалаялъул кагътал кьуна гьел мухбирзабазеги, журнал берцин ва бечед гьабизе бахъараб хӏаракаталъухъ.\nМагӏарулазул гьеб берцинаб горсвери дагьабги берцин гьабуна районалъул культураялъул хӏаракатчагӏазул церерахъиназги. Гьез цоги нухалда ракӏалде щвезаруна районалъул бахӏарзалги, халкъияб кӏалзул гьунаралъул багьадурзабиги. Тӏад руссана дунялалдаго машгьурав Халилбегил къисаялдеги.\nГьеб киналдасаго хадуб, пикраби цӏидасанги гьалдезе лъугьана.\n— Машгьурал миллатцояз жидер тӏогьазда орденал рарал, гьезда аскӏорги кӏудияв шагӏирасул орденал-медалалги кенчӏарал гьал мугӏрул чӏаго рукӏаго, чӏаго букӏина магӏарул мацӏги.\nКъо-лъикӏ, Гъуниб. Жеги чанго нухалда тӏад руссина магӏарулал дур гъасде.\nШ. Хъазанбиева"}
{"slug": "16245-khiasilal-garuna-mas-alabazul-bitsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16245-khiasilal-garuna-mas-alabazul-bitsana", "title": "Хӏасилал гьаруна, масъалабазул бицана", "date": "2022-03-03 07:36:42", "categories": ["kkara-tar"], "text": "РАНалъул Дагъистаналда бугеб федералияб цӏех-рехазул централда (ДФИЦ) гьаруна 2021 соналъул хӏалтӏул хӏасилал.\nГьениб 2021 соналда гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас.\nДФИЦалда вуго 422 гӏелмияв хӏалтӏухъан: РАНалъул член – ункъо, гӏелмабазул доктор – 70 ва гӏелмабазул кандидат – 193. Гьабсагӏаталда цӏех-рех гьабулеб буго 39 темаялъул ва ДФИЦалъул хӏалтӏухъабазе щун буго 22 грант.\n— Гъоркьиса ДФИЦалъул гӏалимзабаз хӏадурана ва басмаялде бахъана 38 монография, «Web of Sciense»абураб сияхӏалда ругел жур налазда бахъана 133 макъала, Scopus-алъул сияхӏалъул журналазда – 62, РИНЦалъул сияхӏалъул журналазда – 32, ВАКалъул журналазда – 239 ва цогидал журналазда – 171. Кинабниги бахъун буго 703 гӏелмияб макъала, — ян бицана А. Муртазаевас.\nДФИЦалда бахъулеб буго микьго журнал. Гьезда гьоркьоб А. Муртазаевас рехсана «Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул вестникги».\nБигьаяб букӏинчӏо 2021 сон: хӏал тӏулъ дандчӏвалел масъалабазде тӏаде жубана пандемиялъул ба- лагьги. Кин бугониги, ДФИЦалъул гӏалимзабаз лъикӏаб хӏалтӏи гьабуна. Гьелъул хӏасиллъун ккана гӏелмиял цӏех-рехазе квербакъулел програм- маби хӏадури. Лъикӏал хӏасилазухъ РАНалъул ДФИЦалъул Геология лъул институталъул бетӏерав гӏелмияв хӏалтӏухъан Василий Черкашин мустахӏикълъана «ДРялъе гӏоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденалъе. Республикаялда тӏобитӏараб «2021 соналъул бищун лъикӏав гӏолохъанав гӏалимчи» абураб конкурсалда «Бищун лъикӏав гӏелмабазул кандидат» абураб цӏар щвана ИЯЛИялъул гӏалимчӏужу Наида Вагьизиевалъе ва Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏалимчӏужу Элвира Загьировалъе. ДРялъул бетӏерасул гранталъе мустахӏикълъана Хадижат Арсланова ва Шамил Гьиматов. Мухӏамадхан Мухӏамадхановасе кьуна Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Хӏурматалъул грамотаги ДРялъул Пачалихъияб премияги. Жеги анцӏгониги гӏалимчиясе щвана республикаялъул министерствабазул Хӏурматалъул грамотаби ва Баркалаялъул кагътал.\nДФИЦалъул директорас рехсана хӏалтӏулъ дандчӏварал квекӏеналги: гӏураб къадаралда гӏарац кьунгутӏи, институтазул къайи-алат басралъи, махщел камилал гӏалимзаби дагьлъи, кагътил хӏалтӏи гӏемерлъи.\nК. Сулейманова"}
{"slug": "16249-shkola-bukhiana-shkola-bana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16249-shkola-bukhiana-shkola-bana", "title": "Школа бухӏана – школа бана", "date": "2022-03-03 11:17:09", "categories": ["obrazovanie"], "text": "11 февралалъул сардилъ Цӏунтӏа районалъул Хӏибиялъ росулъ бухӏана школа. ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, гье- нибе ун букӏана Хӏукуматалъул комиссия. Гьелъие бетӏерлъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас.\nКомиссиялъул вакилзаби щвана Хӏибиялъ, Мекали, Мокъокъ, Хъебалъ ва цогидалги росабалъе. Гьез хал гьабуна гьенир ругел школазухъ ва цӏалдохъабазе гьенир гӏуцӏун ругел шартӏазухъ.\nАбизе ккола, ахирал соназда рухӏана рехсарал росабазул шко- лазул минаби. Масала, Мекали ро- сулъ школа бухӏана 2021 соналъул 31 январалъул сардилъ. Хъебалъ росулъ школалъе цӏияб мина базе байбихьана гъоркьиса. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьениб букӏараб школалъул мина 2016 соналда жагъалаблъун рикӏкӏин ва прокура- тураялъ гьенир лъимал цӏализаризе гьукъи. Прокуратураялъул гьеди- наб хӏукму букӏаниги, районалъул нухмалъиялъ, школалъе цӏияб мина базе рес гьечӏолъиялда бан, лъимал цӏализарулел рукӏана жагъалабго минаялда. Кӏудияб хӏинкъи букӏана цӏалдохъабазулги учительзабазулги гӏумруялъе. Анкьго соналъ къеркьана Хъебалъа Мухӏамадрамазан Гӏабдулкаримов, цӏияб школа базе кколин абун. Гьев щвана пачалихъиял идарабазде, хӏакимзабазухъе, гӏуцӏана ДРялъул Хӏукуматалъулги Пятигорскиялда бугеб РФялъул президентасул вакиллъиялъулги минабазда цере пикетал, кӏалъана улкаялъул президент Владимир Путинил приемныялде. Ахирги мурадалде щвана.\n«Хӏакъикъаталъул» цӏалдолезда ракӏалда батила, 2016 соналда Мокъокъ росдае ккараб къварилъи – бухӏана тӏолабго росу. Амма цӏадул балагьалъукьа борчӏун букӏана школалъул мина. Жеги росу цӏи гьабун бахъиналде, ай кӏиго соналдасан, 2018 соналъул 18 октябралда цӏа рекӏана школалъул аслияб минаялдаги. Лъимал цӏализарулел рукӏана цӏадул мацӏ хъинтӏичӏеб байбихьул классазул минаялда. Рухӏана Гениялъ, Цебари ва Сагьада росабазул школалги. Гьелъие гӏиллалъун ккола мина басралъи, гьенир ругел токалъул кварал жагъаллъи, токалъул мухъазда хӏалуцин цӏикӏкӏин.\nХӏибиялъ росдал школалъул цӏалдохъабиги гьабсагӏаталда цӏализарулел руго ФАПалъулги цебеккун интернат букӏарабги басриял минабазда. Комиссия школалде бачӏиналъулги, гьез гьабураб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабидал, баянлъана гьадинал хӏужаби: Хӏибиялъги Мекалиги росабазул школазе разехъин руго модулалъул минаби. «Гьединаб школа бай букӏинчӏо нижер мурад. Нижее къваригӏун букӏана тайпадулаб школа базе – спортзалгун, богорукъгун ва цогидал квегӏенлъабигун. Нижер гӏадамазе бокьун буго умумузул ватӏаналда гӏумру гьабизе. Къанагӏатав чияс гурони рехун тун гьечӏо инсул ракь. Амма школаги, лъималазул ахги, харж щолеб хӏалтӏиги гьечӏони, сунца кквезе ругел гӏолилал магӏарухъ?» — ан бицана Мекали росулъа Адамица.\nМекали росулъ модулалъулаб школа баялда рази гьечӏо гьев. Тайпадулаб школа базе ккани, хӏажалъула цебе школалъул букӏараб бакӏалдаса цӏикӏкӏараб ракь. Гьединаб бакӏ балагьунги букӏана росдал жамагӏаталъ, амма гьеб буго жалго бетӏергьанаб ракь ва гьеб бетӏергьабазухъа бичун босиялде хьул букӏана гӏадамазул. Райадминистрациялъул рес батичӏо гьеб босизе…\n— Бокьилаан, школа цӏияб бакӏалда базе. Гьабсагӏаталда 70 цӏалдохъан вуго хасал гӏадамазул минабахъ гӏуцӏарал классазда цӏалулев. Гьечӏо гьениб кинабгӏаги гьанжезаманалъул техникаги. Цогидал бакӏазда компьютералги интерактивияб хъарщиги хӏалтӏизабулеб мехалда, нижер лъимал махӏрум гьарун руго гьединал ресаздаса.\nХасаб минаялда рагьун букӏана лъималазул ахги (гьабсагӏаталда гьеб хӏалтӏулеб гьечӏо). Гӏезегӏан чи гӏатӏиракьалде ана, лъималги рачун – Тарумовкаялде, Гъизилюрталде, Махӏачхъалаялде. Хадувккун школалде вачӏине вуго жеги 93 цӏалдохъан. Гӏолилал гочунгутӏизе росдал жамагӏаталъ хӏаракат гьабулеб буго росулъ шартӏал гӏуцӏизе.\nМасала, дагьалъ цебе бана цӏияб кьо – тайпадулаб школа базе санагӏатаблъун бихьараб бакӏалде нух бахъиялъул мурадалда. Районалъул бетӏерас кьуна нусазарго гъурущ, цогидаб пачалихъияб ида- раялъул яги райадминистрациялъул кумек щвечӏо. Гӏадамаз рекьулел руго хурзал, хьихьулеб буго гӏибоцӏи. Камуларо улкаялъул цогидал регионазда хӏалтӏизе унел бихьиналги. Амма тӏубанго росу рехун тезе гъира бугел дагьал руго, — ян бицана Адамица.\nШкола буго гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара гуребги, росу гӏуцӏулеб аслуги. Гьеб гьедин бугеблъи бичӏчӏана цо чанго соналъ цебе, лъай кьеялъул идарабазул «оптимизация» гьабулаго, Россиялъул регионазда дагьал комплектазул школал къараб мехалда. Школа къаралдаса нахъе жидер росу чӏобоголъанин абун интернет-сурсатазда ахӏи балеб букӏана дол соназда Россиялъул регионазул гӏадамаз. Гьединабго хӏал букӏана магӏарул росабазулги. Щибаб къойил автобусалъ школалде лъимал раччун бажаруларо магӏарухъ – хасало цӏер къарал нухаздасан гьезул гӏумруялъе цӏикӏкӏараб хӏинкъи букӏунелъул. Гьединаб хӏалалде ккарал гӏадамал хӏажаталлъун ккана гӏатӏиракьалде гочине. Шагьаразул школазда цӏалдохъаби гӏемерлъана ва хӏалтӏи гӏуцӏизе ккана лъабго сменаялда.\nЩивав чияс балагьула гӏумру гьабизе лъикӏал шартӏал ругеб санагӏатаб бакӏ. Гьелъие ихтиярги буго. Амма гьеб къагӏидаялъ щивав чи росулъа къватӏиве вахъани, умумузул ракьал чӏунтизе руго. Гьеб гьукъизелъунниги хӏаракат гьабизе ккола росабалъ школал цӏунизе. Хӏибиялъ росулъе пачалихъияб комиссия битӏулеб мехалдаги Мекали росулъ школа баялда бан хӏукму хӏадурулагоги аслияб масъалалъун букӏана рехсарал бакӏазда цӏияб школа баялъул магӏна бугищали халгьаби, ай гьенир хадурккун цӏалдохъаби рукӏине ругищали мухӏкан гьаби. Мекалиса Адамица абуна, цӏалдохъаби камун хутӏиларилан. Гьабсагӏаталда аслияб масъалалъун гьес рехсана росдал школалъе хӏажатал педагогал рати. Масала, гьечӏо ингилис мацӏалъул учитель.\n«Къваригӏун вуго «Росдал учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон гьениве хӏалтӏизе вачӏине гъира бугев чи. Нижеца кумек гьабилаан гьесие хӏажатал документал хӏадуризеги, росулъ чӏезарилаан лъикӏал шартӏалги. Бацӏцӏадаб гьаваги, кванил нигӏматалги, кӏудияб шагьаралде дандеккун, парахатаб сихӏкъотӏиги – сахлъиялъе пайда букӏинаан», — ин бицана Адамица.\nГьаниб бицана Мекали росдал школалъул ругел масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьединабго хӏал буго Цӏунтӏа районалъул гӏемерисел школазда. Халкъалъул тӏалаб гьабулин абун, улкаялъулги республикаялъулги нухмалъияз ахирал соназда къабул гьаруна батӏи-батӏиял программаби. Исанасеб сон Лъай кьеялъул лъагӏеллъун лъазабунги бугелъул, хьул буго Цӏунтӏа районалда тайпадулал школал раялде.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "16250-l-imalazul-tokhturase-10-sual", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16250-l-imalazul-tokhturase-10-sual", "title": "Лъималазул тохтурасе 10 суал", "date": "2022-03-03 11:25:29", "categories": ["med"], "text": "Гӏолохъанал улбуз цӏакъго тӏадчӏей гьабула лъималазул сахлъи цӏуниялда. Чӏахӏияз яги тохтурзабаз малъаралъухъги киназго гӏинтӏамуларо. Гьез социалиял гьиназдаса тӏаса рищула бищунго цӏакъал «тохтурзаби», цӏикӏкӏун божула сон-церекъад улбуллъун рахъарал блогеразда, пайда босула Интернеталда кьурал «гӏакълабаздаса». Ахир-къадги гӏадатияб поликлиникаялъул тохтурасухъе ккараб мехалда суалазул цӏадги базабула педиатразде. Улбуз бищунго гӏемер цӏехолеб 10 суалалъе Махӏачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудиновалъ кьуна гьадинал жавабал.\n— Щай гӏисинал лъималазе прививкаби гьарулел? Гьезул чорхолъ эбелалъул ургьисанго щвараб иммунитет букӏунарищ?\n— Прививкабаз лъимадул сахлъи вирусазул унтабаздаса цӏунула, гьелде данде кколеб иммунитетги гӏуцӏула. Вакцина гьабун хадуб лъимер ургъунго (искусственно) «унтула». Гьеб ккола захӏматаб унтуца лъимер дагьабго «унтизабулеб» къагӏида. Гьединго вакцинаялъ кумек гьабула бахунеб унтудаса сахлъиялъе зарал лъугьинчӏого рорчӏизеги.\n— Грипп ва ОРВИ. Гьезда гьоркьоб кинаб батӏалъи бугеб?\n— Гьел унтаби байбихьуда ратӏарахъун бажаруларо. Вирусал чорхолъе риччаралдаса пневмонияги ккезе рес буго, гьединлъидал рахунел унтабаздаса цӏунизе хӏаракат бахъизе ккола.\n— Лъимадул цӏа-кан 37-ялдаса цӏикӏкӏун бугони, амма 38 градусалдаса тӏадеги бахунеб гьечӏони, цӏа гӏодобе ккезабизе бегьулищ?\n— 38 градусалде щвезегӏан цӏакан бахун бугони, лъимадул черх унтуде данде къеркьезе тезе ккола. Дару кьечӏогоги лъимадул гьединаб цӏа-кан гӏодобе ккезабизе бегьула. Тӏоцебесеб иргаялда, лъимадуе цӏикӏкӏун лъим кьезе ккола. Ромашкаялъул лъим (отвар), куракул лъим, морс ва цогидалги лъамалъабаз кумек гьабулеб гьечӏони, дару кьезе бегьула. 38,5 градусалдаса цӏикӏкӏун цӏа-кан бахун, лъимерги бечӏан, загӏипго бугони, цӏа-кан гӏодобе ккезабулел дараби кьезе ккола. Панадол, Нурофен дараби, Цефикон свечаби лъикӏаллъун рихьизарула нижеца. 38 градусалдаса цӏикӏкӏун цӏа-кан бахунеб бугони, гьелъ лъимадул сахлъиялъе зарал гьабула, ччорбал рукӏкӏине бегьула. Лъабго къоялъ лъимадул цӏа-кан бахун бугони ва хадуб рукӏалиде бачӏани, гьениб щибгӏаги хӏинкъизе ккараб жо гьечӏо. Лъабго къо ун хадубги лъимадул цӏа-кан гӏодобе ккечӏони, антибактериалияб терапия гьабизе ккола.\n— Лъимадул цӏа-кан бахун бугони, 38 градусалдеги бахинчӏеб, чӏамучӏаб унти бугони, лъимал къватӏахъе рачине яги школалде ритӏизе бегьулищ?\n— 37 градусалдаса цӏикӏкӏун цӏа-кан бахараб лъимер школалде битӏизе бегьуларо. Бацӏцӏадаб гьаваялда тира-свери буго 37-37,9 градус цӏа-кан бугеб лъимадуе бихьизабураб кӏиабилеб дару. Тира-сверизеги бегьула, амма гӏадамал ругеб бакӏалде гьоркьоре къачӏого, батӏаго. Гьесдаса унти бахине бегьулелъул.\n— Минералияб лъим лъимадуе ингаляция гьабиялъе хӏалтӏизабизе бегьулищ?\n— Боржоми, Рычал-су гӏадаб минералияб лъеда гъорлъ щелочь букӏуна. Гьеб хӏалтӏизабизе бегьула ингаляция гьабулелъул. Гьелъ хӏацӏу лъама гьабула, лъимадуе бигьалъула.\n— Лъимадул пневмония букӏиналъул тӏоцересел гӏаламатал кинал кколел? Кин гьеб унтудаса лъимал цӏунилел?\n— Щуго-анлъго къоялъ халатбахъун лъимадул цӏа-кан бахунеб бугони, хӏалценги захӏматго бугони, гӏемерисеб мехалда пневмония ккун батула. Чанго къоялъ цӏа-кан гӏодобе кколеб гьечӏони, тохтурасухъе ине ккола. Бидул анализалдалъун, хадуб рентгеналдалъун тӏатинабула пневмония.\n— Лъагӏел тӏубараб лъимадуе каранзул рахь яги смесь (бакъвараб рахьдал нигӏмат) хӏажалъулищ гьелъ чӏахӏиязул квен квине байбихьун бугони?\n— Цо-цо улбуз лъимадуе каранзул рахь кьола кӏиго яги лъабго лъагӏел тӏубазегӏан. Лъимадуе лъагӏел тӏубаралдаса нахъе эбелалъул рахьалдаса кӏудияб пайда щоларо. Гьеб ригьалде рахаралдаса нахъе лъимералъ гӏицӏго эбелалъул чорхолъа кальций, Д3 витамин, ай эбелалъул сахлъиялъе хӏажаталщинал витаминал росун уна рахьгун цадахъ. Гьединлъидал гьанжесел гӏемерисел педиатраз лъикӏаблъун бихьизабула лъимадуе лъагӏел базегӏан каранзул рахь кьей.\nСмесь лъимералъ жинцаго инкар гьабизегӏан кьезе бегьула. Чӏахӏиязул квен кунел лъималаз смесь гӏицӏго радал макьидаса рорчӏидал ва къаси кьижулелъул гурони гьекъоларо. Лъимер гӏураб къагӏидаялда кваналебги бугони, карщалги ва гьелде тӏаде смесалги гьекъолел ругони, гьеб цӏакъ лъикӏ буго. Цо-цояз лъималазе смесалъул бакӏалда гӏакдал рахьги кьола цебе умумузги кьолеб букӏанин абун. Цо лъимадуе данде кканиги, кӏиабилелъе гьеб дандего кколаро.\n— Маннаялъул карщил лъимадуе пайда букӏунарин абула гьанжесел тохтурзабаз. Дур кинаб пикру бугеб?\n— Гьеб карщ кьун гӏезаюна дунги, дида лъалелщиналги. Гьанже байбихьун бугоха гьелдаса пайда гьечӏин абизе. Гьелъул зарал дида бихьичӏо.\n— Багӏарараб заманалда подгузниказдаса лъималазе кӏудияб зарал бугин абула.\nКвачарабин, багӏарарабин гьавабакъалъухъ балагьичӏого, ясал-васал батӏалъи гьабичӏого, лъималазе подгузниказдаса зарал букӏунин дица абуни, гьел ретӏичӏого толаро гӏадамаз. Нилъер улкаялда гьел ричичӏогоги, къватӏире риччачӏогоги толаро. Киназдаго бичӏчӏула подгузниказ лъимадул сахлъиялъе зарал гьабулеб букӏин, амма гьелдаса инкар гьабизе кӏоларо нилъеда. Гьеб гӏадамазе бигьалъиялъе ургъараб къагӏида бугелъул. Багӏарараб заманалда подгузникалъ батӏи-батӏиял инфекциял ракӏарула, пеленочный дерматит лъугьуна. Лъикӏ букӏина подгузникал росулелъул, гъорлъа гьава хьвадизе рес бугел, жиндаса квешаб махӏ гьечӏел тӏаса рищани.\n— Лъимадуе къаси кьижизе щай захӏмалъулеб?\n— Лъимадуе макьу щунгутӏиялъе гӏемерал гӏиллаби дандчӏвала: гьелъул чехь-бакь хӏунс-хӏунсулеб букӏин, цӏакъго гӏорцӏун яги бакъун букӏин, хӏалуцин, хехдари. Цоцо мехалда лъимер макьидасаги борчӏун гьабугьинан гунгудизе ва шуршудизе жубала. Гьеб мехалда лъимер кодобе бачине ва квер хъвазе бегьуларо. Биччанте лъимер жибго гӏодобе биччазе ва кьижун ккезе ругьунлъизе.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "16251-62-sonalda-zhanib-tsonigi-nukhal-rakialde-kkechio-khialtiudasa-nakh-e-ine", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16251-62-sonalda-zhanib-tsonigi-nukhal-rakialde-kkechio-khialtiudasa-nakh-e-ine", "title": "«62 соналда жаниб цониги нухалъ ракӏалде ккечӏо хӏалтӏудаса нахъе ине»", "date": "2022-03-03 11:30:30", "categories": ["insan"], "text": "Аваразул «Левитан»\nТӏабигӏияб гьунаралъухъ ва гӏемерсонилаб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ гӏемерал шапакъатал кьун, кӏодо гьаюна Патӏимат Рамазанова хӏукуматалъ, мустахӏикълъана баркалаялъул рагӏабазе ва гӏарцулал премиязе. Гьале гьездаса цо-цоял: СССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб радиовещаниялъул ва телевидениялъул Пачалихъияб комитеталъул Хӏурматалъул грамотаби (1957, 1966 сонал), ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Хӏурматалъулал грамотаби (1958, 1977 сонал), СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул цӏар тӏад хъвараб юбилеялъулаб медаль (1970 сон), «Радиоялъул ва телевидениялъул отличник» абураб гӏаламат (1982 сон), «ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абураб цӏар (1983 сон), «РФялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абураб цӏар (1999 сон) ва «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏар (1984 сон). Рамазановалъ абула, жиндие бищун къиматаблъун ва хирияблъун кидаго букӏанила радиоялъухъ гӏенеккулез кьолеб къимат, гьезул кагътал, магӏарулаз гьабулеб адаб-хӏурмат.\n«Кӏалъалеб буго Махӏачхъала». Советияб заманалда гьарурал магӏарулазда гьоркьов чиго хутӏун ватиларо Гелбахъалдаса Патӏимат Рамазановалъул гьаракь рагӏичӏев.\nМагӏарул радиоялдасан ракьцоязе цӏиял харбал рицана гьелъ 62 соналъ, радалги маркӏачӏудаги. Гьанжеги, Патӏимат радиоялдаса ун гӏезегӏан сонал индалги, рекӏелъ кӏудияб чӏалгӏен хутӏун буго доб гьаркьихъги, хӏубазда рухьарал точка-радиоязул заманалъухъги, дахӏабабада аскӏоб магӏарухъ араб лъимерлъиялъухъги. Ракӏчӏун лъала гьединаб асар жеги аза-азар магӏарулазулъ цӏунун бугеблъиги.\nРакьцояздехун гьединабго свин гьечӏеб хинлъи Патӏиматихъги буго хутӏун. Гьеб загьирлъулеб букӏана гьелъул ракӏалдещвеяздасан.\nЖурналисткаялде гьей ячӏана «Багӏараб байрахъ» газеталда росдал магӏишаталъул отделалъул заведующийлъун вукӏарав жиндирго эмен Мухӏамад Байсунгъуров сабаблъун. Хадув Патӏиматил рос Рамазан Рамазановги хӏалтӏана газеталда.\n— Патӏимат, авар радиоялдасан мун гьудуллъун ккурал магӏарулазе бокьилаан йижараб росу-ракьалъулги, эбел-инсулги, журналистикаялде ячӏараб куцалъулги хӏакъалъулъ бицине.\n— Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьизегӏан нижер хъизан гӏумру гьабун Махӏачхъалаялда букӏана. Хъулухъ-ишалда вугев чи хӏисабалда, эмен рагъде витӏичӏого толев вукӏана. Вукӏаниги, цадахъ хӏалтӏулелщинал араб мехалда, живищ гьанив чӏелеван, гьевги ана.\nЭбелгун цадахъ ниж росулъе гочана. Васги рагъде ун, малъкъосун, жийго цохӏо хутӏун йикӏана гьений нижер кӏудияй эбел.\nДир кӏудияй эбел Къурмангъиз йикӏана лъарагӏай, кӏудияв инсуца хъамун, Гелбахъалде ккарай. Гьебгиха цин таманаб заман бан буго гьелъ аскӏове вачӏунев чиги гьечӏого, рокъой гӏодойги йикӏун гӏодулей, лъица хъамураялиги лъаларого. Битӏун гьеб заманалда къайи бичизе Чачаналде ине ккун, рокъов вукӏун гьечӏо кӏудияв эменги. Гьудулас хъамун йикӏун йиго гьесие гьей. Доваса тӏадвуссиндал бицун бугоха кӏудияв инсуца гьелда кинабго.\nРагъул заманалда армиялъул штаб рагьун букӏана кӏудияй эбелалъул минаялъуб. Гъоркьа минаялъур ниж — эбелги, дунги, яцги, кӏудияй эбелги, кӏиабилеб тӏалаялда армиялъул чагӏи рукӏунаан. Росдал школалдаги госпиталь рагьун букӏана. Учительзабаз лъимал рокъо-рокъореги ун, цӏализарулаан.\nШтабалъе бачӏунеб жоялда гьоркьоса бутӏа-рутӏа нижееги щолаан. Нах бачӏаниги, чед бачӏаниги, гьеб босизе ячӏаян ахӏдолаан штабалъул чи — «Полинка, иди сюда!» абун.\nГьанжего гьанже балугълъуде рахунел васалги цо херав чиги гурони, росулъ бихьинал хутӏун рукӏинчӏо, рагъде ун. Гьес рукъулаан хварал чагӏи, лъималазда хобалги рухъизарун. Жиндирго лъималги армиялде ун рукӏана гьесул.\nГӏисинал васаз кумек гьабулаан госпиталалде унтарал раччизе. Нижеца, ясаз абуни, чурулаан унтаразул ругъназда рухьунел кутнул.\nРагъдаса вуссун хадув эмен, дунги ячун, Махӏачхъалаялде вахъана. Эбел росулъ чӏана. Щайин абуни, васги рагъда тӏагӏун, янгъизго хутӏун йикӏана кӏудияй эбел.\nДун микьабилеб классалда йикӏана гьеб мехалда. Щибаб къойил дарсал лъугӏун хадуй инсухъе редакциялде унаан. Гьений сундулго хӏалбихьизе лъугьунаан – машинкаялда кӏетӏезе, газета цӏализе.\nГьедин ракӏалде ккана газеталде хӏалтӏизе лъугьине. Гьениб кӏиго сон бана. Доб мехалда гӏемер рачӏунаан газеталде Расул Хӏамзатов, Фазу Гӏалиева, Машидат Гъайирбегова, Муса Мухӏамадов. Расулица Москваялдаса ритӏун рачӏунаан газеталде жиндирго цӏиял кучӏдул. Машинкаялда гьел кьабуралъухъ дие гӏисибикъинал сайгъаталги рачӏунаан гьес дораса — махӏ берцинаб лъим (духи) батаниги, капроназул щватаби ратаниги.\nГьедин дагь-дагьккун газеталъул хӏалтӏуда гъорлъеги ккун, 1948 соналда дун йосана гьение подчитчицалъун, хадуй машинисткалъун. Дагьалъ чӏун дида тӏадкъана кагътазул отделалъул заведующиясул хъулухъ.\n— Радиоялде кинха мун ккарай?\n— Машидат Гъайирбегова сабаблъун. Дунял рукӏкӏунеб мехалда цо къоялъ редакциялде екерун ячӏана гьей жий метер Москваялде ине кколей йигилан. Литературияб институталде цӏализе йосун йикӏана гьей, гьединлъидал жий тӏадюссун ячӏинегӏан радиоялда хӏалтӏеян гьарана Машидатица. Микрофон кин биччазе кколебалиги бихьизабуна, ячун радиоялдегун. Газеталдасан цӏиял харбал цӏализе кколаан. Нахъисеб къоялъ цӏалана дица гьел гьелъ абураб куцалда. Киндай кканаян, сородилаго къватӏие ячӏуней йикӏарай дида жанахӏалъув гӏодов чӏун вихьана цо чи. Дихъги валагьун, гьимана гьев. Мун щивилан гьикъидал, гьес абуна жив дур редактор вугин абун. Кутакалда лъикӏ цӏаланилан дие ракӏ-макӏги гьабуна. Магӏарул передачабазул редактор вукӏун вугоха гьев – Нурмухӏамад Абихӏасанов. Гьанже нилъ редакциялде рилълъинин абуна гьес. Жибго студия букӏана Ленинил майданалда, поч бугеб бакӏалда. Редакция абуни – гьанже Котровасул цӏаралда бугеб къотӏноб.\nШкола лъугӏун хадубни дица тӏубан батӏияб рахъ тӏаса бищун букӏарабха. Кӏиго соналъ физикаялъулгун математикаялъул отделениялда Руччабазул институталда цӏалана. Амма радиоялде ккедал, бичӏчӏана дун доя хутӏизехъин йикӏин. Щайин абуни, дие цӏакъ бокьана доб коллектив. Кутакалда дир тӏалаб гьабулел чагӏи рукӏана гьенир. Гьедин ДГУялде филологияб факультеталде лъугьана дун. Авар мацӏалъулгун литератураялъул учительлъун цӏаланиги, цониги къоялъ хӏалтӏичӏо школалдаги. Радиоялдаго хутӏана. Гьеле гьедин ккана – Машидат хисизе чи ватизегӏан кӏиго къоялъинги абун, 62 соналъ хӏалтӏана дикторлъун.\n— Нурмухӏамад Гӏусмановгийищ дуда гьенив ватарав?\n— Гьев дидаса хадув вачӏана. Байбихьуда дида цадахъ дикторлъи гьабулаан Сугъралъа Патахӏ Патахӏовас. Литературияб мацӏги лъикӏ лъалаан гъосда, гӏезегӏан берцинаб гьаракьги букӏана. Мединституталда цӏалулев вукӏана гьев. Гьениб цӏали лъугӏун хадув, щуго соналдасан нахъе ана гьев. Хадув вачӏана Чӏарада районалдаса Мухӏамад Гӏалимирзаев абурав вас. Гьевги вукӏана университеталъул студент. Кӏиго соналъ гурони гьевги хӏалтӏичӏо. Гьелдаса хадув вачӏана Бакьайчӏиса Нурмухӏамад. Гьедин ниж кӏиялго 50-гӏан соналъ цадахъ хӏалтӏана гьенир. Мунагьал чурад, цӏакъ лъикӏав чи вукӏана.\nРадиоялде рачӏунелщинал кагътазул гӏемерисел рукӏунаан ниж кӏиязего баркалаби кьурал. Къойида жаниб нусго кагъат бачӏараб мехги букӏунаан. Кӏигогӏанасеб тӏанчида рехсон жидерго тухум-кьибилалда вугевщинав чиясул цӏаралгун, гьезул рахъалдаса баркала загьир гьабулаан гьез. Цинги хъвалаан тӏокӏаб жо къваригӏун гьечӏин, цохӏо дур гьаракь рагӏизеги, мун йихьизеги хӏажат бугилан.\n— Рачӏунел рукӏанищха гьел мун йихьизе?\n— Валлагь рачӏунаанха. Цоцоккун рачӏунел гӏадамал гурелги, классалгун цадахъ учительзабиги рачӏунаан. Дица гьезие студиялда экскурсиялги гьарулаан. Гьанже дида кколеб буго гьел дандчӏваязул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай щайдай гьабичӏебилан абун.\n— Дур рос Рамазан Рамазановги вукӏанагури журналист.\n— Дир эменго гӏадин, гьевги вукӏана рагъул гӏахьалчи. Рагъ байбихьараб къоялъ выпускной вечер букӏун буго гьезул классалъул. Гъорасанго рекӏинарун поездалдагун аралха гьезул киналго васал рагъде рачун.\nГьелдаса нахъе гьев гӏицӏго 1947 соналда гурони тӏадги вуссинчӏо. Япониялъулгун рагъдаги гӏахьаллъизе ккун вуго гьев. Рамазан дидаса анцӏго соналъ кӏудияв вукӏана. Нижерго Гелбахъалдаса кколаан гьев.\nНиж данделъана 1950 соналда. Байбихьуда Рамазан Гъизилюрталда районалъул партиялъул комитеталъул секретарьлъун вукӏана. Хадув гьев Махӏачхъалаялде вахъана, «Багӏараб байрахъалда» спорталъул отделалда хӏалтӏизеги лъугьана. Цинги унтана ва 60 сонил гӏумруялде вахиндал, хвана.\nРамазан Гъизилюрталда хӏалтӏулеб мехалда, радиоги жибго тун, гьение яхъине рес букӏинчӏо дир. Дирго бертингицин бихьичӏо дида — дваргъиялда нижер бертада Гелбахъги, гьаний студиялда гӏодойги чӏун, передача цӏалулей дунги (елъулаго).\nТӏокӏалъ чӏечӏого телефоналдасан дида хадуб ахӏи гӏагарлъиялъулги букӏана. Цинги къаси сагӏат ичӏгоялда, передача цӏалун бахъиндал, ана дун росулъе, берталъе. Гьанже гӏадин цебеккунго хъван толеб, запись гьабулеб къагӏида букӏинчӏо доб мехалда, чӏагояб эфиралдасан кьун гурони. 1960-абилел соназда телевидение баккидал раккана гьел записалги. Гьеб мехалда рачана нижеца хӏалтӏуде режиссёрал, операторал. Гьедин бигьалъана нижееги гьеб хӏалтӏи. Масала, радиоялде вачӏарав гьобол ватаниги, эксперт гӏадав чи вукӏаниги, чӏагояб эфиралдасан кӏалъазавизе кӏолароан, хӏинкъун, нахъе къан. Киназухъаго гурелъулха гьеб бажарулеб. Гьединлъидал щибго хӏалакинчӏого, цереккунго гьединал чагӏазул записал гьаризе рес щвеялъ рохуца холел рукӏана ниж.\n— Цоги кинал миллатазул рукӏарал нилъерго гӏадал передачаби?\n— Анлъго батӏияб мацӏалда кьолаан гьел. Хадубккун 14 мацӏалда кӏалъана «Махӏачхъала».\n— Телевидение баккараб мехалда гьение ине гъира ккечӏебищ дур?\n— Дун гьадингоги хӏалтӏана гьений. Гьединго радиоялда дица рачунаан жеги лъарагӏгун гӏурус мацӏазда передачабиги. Лъарагӏал отпускалде ани, унтани, хисизе чи вукӏунароан. Гьединлъидал дун йитӏулаан гьение.\nМоцӏалъ дикторлъиялъул курсазда цӏализе Москваялде индал, Дальний Востокалъул радиоялъул передачабигицин цӏализе ккана дица.\nРадиокомитеталъул нухмалъулевлъун доб мехалда вукӏана Цӏадаса Хӏамзатил вас Хӏажияв. Телевидение рагьулеб мехалда нилъеразда хӏалтӏи малъизе къватӏиса специалистал ахӏулаан гьес. Гьеб мехалда тӏоцеесей дикторлъун телевидениялда йикӏана Лидия Культюгина абун гӏурусай. Гӏезегӏан мех бана гьениве восизе чи щоларого. Гьединлъидал дун лъагӏалица гьенийги хӏалтӏана (цадахъго радиоялдаги). Амма гьеб киналдасаго дие дирго (радиоялъул) редакция бокьулаан. Кӏудияб коллективги букӏана – миллиял редакциял гурелги, тӏубараб оркестрги хорги. Радиоялдасан ахӏизе ругел кучӏдул цин нижее цӏализе кколаан кочӏохъабаз. Гурони, магӏна гьечӏеб кечӏ биччалароан радиоялдасан. Рагӏабазулги бакъаналъулги автор рехсезе кколаан. Музыкалияй редакторлъун Гӏабидат Минатулаеваги йикӏана гьений. Радиоялъул кочӏохъабазул тӏелги бачун, кӏанцӏун яхъун, хъутаналде унаан гьей, гӏибоцӏухъабазе концертал кьезе. Букӏараб ракӏ гъураб заман.\nГьелдаго цадахъ ракӏалде щвезаризе бокьун буго Мухӏамад Хӏажиевги, Мухӏамад Идрисовги, Хӏажи Мамаевги, Мухӏамад Саидовги, Гъазимухӏамад Гъалбацӏовги, Нурмухӏамад Гӏусмановги, Гӏумархӏажи Шахтамановги.\nКотровасул къотӏноб радиоялъул редакция бугеб мехалда мунагьал чураяв Гӏумархӏажи Шахтаманов вачӏунаан векерун. Нухдасанго тӏаса бахъараб плащги цо рахъалде рехун, гъобасанго ишанги гьабун, машинкаялда текст кьабизе гӏодой чӏезаюлаан гьес дун. Цинги вахъун чӏовухъе, лъун чвантинир квералгун, цо хӏарп къосинчӏого, рекӏехъе цӏалулаан Гӏумархӏажица тӏубараб передачаялъе гӏураб текст (15 тӏамач). Лъикӏав вас вукӏана. Лъикӏал чагӏи гурони дида дандеги ккечӏо.\nКутакалда пагьму бугев вас вукӏана Гъазимухӏамад Гъалбацӏовги. Гьанже гьесул тӏахьал цӏалулей йикӏуна дун. Чӏаго дунялалда хьвадулев вугев чияс хъван буго хвараб мехалда жинда бихьизе бугебщинаб жо.\nГьеб 62 соналда жаниб цониги нухалда ракӏалде ккечӏо хӏалтӏудаса нахъе ине. Цӏакъ лъикӏал ракӏалдещвеял хутӏана дир радиоялъул хӏалтӏуда хурхун. Гьений хӏалтӏизе лъугьун кӏиабилеб сон букӏун батила, Гумбет районалдаса чияс буртинадул хьитал ритӏун рачӏана дие, мун гьитӏинай ясги йихьулила, воре, хӏатӏал квачазе чӏогеянги хъван. Я жиндирго яги росдал цӏарги букӏинчӏо. Лъие баркала кьелебалицин лъаларого дунги йикӏана.\nЦо кополаб лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Гъоб мехалда радиоялдасан гимн биччалаан сардилъ сагӏат 12-ялдаги радал анлъгоялдаги. Макьилъго гӏадин рагӏизе лъугьана дида гимн ахӏулеб. Вуйгь, абун кӏанцӏун тӏадеги яхъун, екеранаха хӏалтӏуде эфир байбихьизеян. Щвана дое, бухана нуцӏа, рагьуларо. Ахирги яккун ячӏана хъаравул. Щиб лъугьараб жойилан, йиххана гьей. Щибинха ккелеб, радалисеб передача байбихьилалда цебе гимн ахӏулеб рагӏичӏищилан абуна дица. Ахӏун лъикӏха, сордо бащалъунлъидал бугебан, квер хьвагӏана гьелъ. Гьанже нахъюссунги кин инеян, гьениб жанахӏалъуб букӏараб диваналдеги яхун, кьижанаха рогьинегӏан.\nГьединго Расулил яцалъул вас Мухӏамад вачӏунаан цо-цо мехалда радиоялде кучӏдул цӏализе. Микрофон свинабун гьечӏолъиги лъачӏого, дица гьесда абун бугоан, Мухӏамад, метерги вачӏахаян. Хадуй дун киназго гӏад-хочӏ гьаюлей йикӏана дуца Мухӏамад киве ахӏулев вукӏаравинги абун.\n— Рогьалилъ байбихьулел гьел передачабазде цо нухалданиги кватӏичӏищха мун?\n— Цониги нухалда кватӏичӏо! Тӏадежоялъе, цо заманалда рукъалъ Редукторный посёлокалдаги йикӏана. Бензовозалда рекӏунгицин щолаан радиоялде. Рогьалилъ, сагӏат щугоялда яхъун остановкаялда чӏедал, цо-цо мехалда бачӏунароан автобус. Щиб гьабилебали лъаларей гӏаданалъ, дица, квералги хьвагӏун, чӏезабулаан цебе батараб транспорт. Кӏиябго нухалда цого чияс чӏезабун букӏун бугоха дие машина. Гьединлъидал гьев вуго дида абулев гьадигӏан хехго къватӏие яхъине ккани, дуде бачӏараб балагь щибдила, уборщицалъунищдила мун хӏалтӏулей йигей?\nДежурствоялда рукӏунел милицабазги чанги щвезаюна дун. Гьел ругьунлъун рукӏунаан дир ригьалде.\nРадиоялде чанги рачӏунаан лъималаз хъварал кагътал, Патӏимат-ада, дуца гьел передачаби дагьалъ нахъа байбихьизе бегьуларищинги абун.\n— Щай?\n— Гъол рогьалилъго тӏаде рахъинарулел рукӏунха эбел-инсуцаги кӏудабазги. Патӏимат некӏого яхъун, хӏалтӏилей йигин, нуж щиб гьабулел чагӏи жеги бусалъго рукӏинеян хӏалхьи толеб букӏун гьечӏо дозие.\nТелевидениялда хӏалтӏулеб мехалдаги къотӏносан унаго дунги лъан, лъималазул читӏир букӏунаан хадуб.\nВаллагь, киназго къимат гьабулаан нижер хӏалтӏул – гӏадатиял гӏадамазги тӏадегӏанал хъулухъазда ругезги. Передачаги лъугӏун рокъое унелъул, нухда гӏемер дандчӏвалаан росдал магӏишаталъул институталъул ректорлъун вукӏарав Мухӏамад Жамбулатов. Гьа, жакъа сундул хӏакъалъулъ дуца магӏарулазе бицарабилан гьикъулаан гьес кидаго. Ясалъул яс цӏализе лъугьунелъулги кӏудияб кумек гьабуна гьес.\nКидаго кӏочонаро Шагьрудин Шамхаловас гьабураб гӏаданлъиги. Хӏурматиял шапакъатал кьезе хӏукуматалъул минаялде ахӏун рукӏана ниж. Гьеб тадбир лъугӏун хадуб Шагьрудиница дида гьикъана тӏокӏаб щиб дуе хӏажат бугебилан. Дун намуслъулей йикӏин бихьидал, нижер радиокомитеталъул нухмалъулев Мухӏамад Хӏамидовас абуна Патӏимат хӏалтӏудаса рикӏкӏад йигин, гьединлъидал гьелъие гьаниб аскӏобегӏан рукъ хӏажат бугилан. Шагьрудиница гьеб суал тӏубазе байбихьана гьеб параялъго. Нахъисеб къоялъ гьес дун йитӏана гьанжего гьанже бан бахъараб мина бихьизе («Космос» тукада дандбитӏараб бакӏалда – авт.). Гьелдаса нахъе гьениб жаниб гӏумру гьабулеб буго дица. Хӏал алжаналъуб батаги гьесулги дир нухда ратарал баракатал гӏадамазулги.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "16253-bertsinab-kherl-iyal-ul-takhida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16253-bertsinab-kherl-iyal-ul-takhida", "title": "Берцинаб херлъиялъул тахида", "date": "2022-03-03 11:54:51", "categories": ["insan"], "text": "Мугӏрул чӏужугӏадан, гӏемерал соназ\nГӏодана поэтал нужехъ ралагьун.\nНужер къварилъиги нужер къисматги\nКъалмикье босана, угьдилаго, гьез.\nРасул Хӏамзатов\nКӏудияв шагӏирасул гьал рагӏаби гьанжеги ракӏалде щвана, магӏарулалги хирияй магӏарулазеги йокьулей Патӏимат Рамазановалъул хӏакъалъулъ хъвазе лъугьиндал.\nМугӏрул чӏужугӏадан! Унго-унголъунги хӏисаб гьабураб мехалда, дур намусалъул тӏадегӏанлъи. Согӏал кьурабазги пахруго чӏухӏарал рорхатал мугӏрузги тарбия кьураб дулъ абадиялъго бессун хутӏун буго чармилаб гӏамал. Амма гьелда недегьлъиялъги хӏалимлъихӏеренлъиялъги рекьарал накъишаз дагьабги берцин гьабун буго дур тӏадегӏанлъи.\nГьеле гьединай йиго нилъер Патӏимат. 62 соналъ щибаб рогьалилъги къасиги гьелъул, «Кӏалъалеб буго Махӏачхъала» абун байбихьулеб калам боржунаан щибаб магӏарул росдал рокъобе. Патӏиматил гьаркьидаго цадахъ вачӏун аскӏове щолаан Нурмухӏамад Гӏусмановги.\nДунин абуни, гӏолохъанлъиялдаса нахъе ине бокьуларогоцин йикӏана, гьей хӏурулгӏиналъухъе гьоболлъухъ щведал – дойго Патӏимат, добго гьаракь, гьайбатаб гьумералда бохьун чӏараб добго гьими. Санал цӏикӏкӏун ранагӏан, гӏолохъанлъулей йигей нилъер Патӏимат. Гьале доб жинцаго жиндиего хӏадур гьабураб цӏакъго берцинаб херлъи. Гӏумруялъ Патӏиматил къисматалда толел ругел талихӏалъул лъалкӏал.\n— Рачӏая, рачӏая, дир меседал, — иланги абун, гьей данде ячӏиндал, ниж рохана. Ва гара-чӏвари байбихьана Патӏиматил гьимиялдасан.\nГьале гьай бика йигоха нижер къавулъ бищунго кӏудияй, — илан абуна Патӏиматица горбода хурхун ячӏарай ясалъул ясалъул ясги гьениса йичӏизаюлаго.\nЯсазул лъималазулги гьезулги лъималазулги бицунелъул, Патӏиматил гьурмал кунчӏи дагьабги гвангъана.\n— Кинабго кьун букӏана Тӏадегӏанас. Бокьулеб хӏалтӏиги, роцӏараб хъизанги, хъизамалъул гъасда гвангъун рекӏараб цӏаги, цӏадул хъаравуллъуда талихӏги. Жиде-жидер хъизанрукъалда лъималги, гьезулги лъималги. Тӏокӏабги кӏудияб талихӏ щибха букӏинеб чӏужугӏаданалъе – гьелъие талихӏ лъималазул бадисанлъидал гьимулеб.\nГьаб бакӏалда дагьайго лъалхъана Патӏимат. Ва нижеца хабар хисизабуна. Кӏодоэбелалъул пикраби рихха-хочизаризелъун ургъунго ячӏарай кинигин нижеде аскӏое щвана хъизамалъул бищунго кӏудияй гьитӏичги. Патӏиматида убачал гьаризе жуяна гьей ва цинги лъутунги ана.\nДол талихӏал лахӏзатаз гьалда жеги бичӏчӏулеб букӏун батиларо хвелалъ жиндир талихӏалде ишан босун букӏин.\nВа …Талихӏ сверана рагӏадалде. Квачараб рагӏадалде. Амма гьеб рагӏдукь течӏо къисматалъ бахӏарчияй магӏарулай. Патӏиматица гӏезарулел рукӏуна ясазул маулхӏаятал. Кӏиго ясалдасаги цохӏо вугев васасдасаги хвелалъ ятӏа гьаюниги, къисматалда кӏвечӏо гьей къуркьизайизе. Гьелъул гӏаксалда, къисматалъул кьаби щванагӏан, щулалъулей йикӏана. Гьелъул ресги букӏинчӏо загӏипайлъун йикӏине магӏарулаздаги жинда божун ругел ясазул анкьго лъимералдаги цее.\n— Дица къабул гьабуна къисматалъ къачӏан батараб лъабабго «сайгъат». Гӏумру дагьабги хиралъана дие. Щайгурелъул гьанже дица гьеб тӏамизе кколаан дагьабги кӏудияб жавабчилъиялда ва тӏадегӏанлъиялда. Гьелда бараб букӏиндалха дир тӏанчӏазул хадусеб къисмат. Дида лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏиндалха Тӏадегӏанасда цебе дир цӏобалде ккарал лъималазул жаваб кьезе ккезе букӏин. Рецц Аллагьасе, гьеб борч дихъа тӏубан бажаридал. Анкьго лъимералда гьоркьов вукӏана ункъо вас. Гьезул ургъел букӏана диде баччун, кӏияйго ясалде регӏулейго йикӏинчӏо дун.\nКиналдай лъугьина, цощинаб, кинаб бугониги, гъалмагъиралде гьоркьоре ккеладай, хъизан-рукъ нечараб жо ккеладай? Гьадинал суалаз рахӏат толеб букӏинчӏо дий. Амма гьез дир ракӏ лъукъараб жо киданиги гьабичӏо. Аллагьасул кумекалдалъун дица гьел нухарегӏана гӏумруялъул нухазде. Гьанже анкьазулго буго жиде-жидер хъизанги, лъималги, хӏалтӏиги. Дунги рази йиго дирго къисматалдаса. Гьалгощинал санал разегӏан дунялалдаги йиго, лъималазул лъималазги гьезул лъималазги кьолеб бугеб талихӏалде бадиеги ялагьун, — илан бицана Патӏиматица.\nЖакъа Патӏимат гӏодой чӏун йиго жинцаго жиндиего къачӏараб жиндирго берцинлъиялъул тахида. Унго-унгоги, гьеб тахалъул нуралъ тӏолабго магӏаруллъиго къалъизабун бугеб хӏисаб. Гӏорцӏулей йикӏинчӏо дун, гьеб берцинлъиялъухъ ялагьун.\nГьале дол, ракьалда толел ругел лъалкӏал. Йихьун лъалей гьечӏонигицин, киналго магӏарулазе гӏагарайлъун лъугьарай ва хутӏизе йигей Хӏурматияй Патӏимат Рамазанова.\nЦадахъ йикӏарай Зульфия Хӏажиевалъ гьелда гьарана цоги нухалда такрар гьабейин къойида жаниб кӏиго нухалда магӏарулазе кьолеб букӏараб салам.\nВа гьале цо чанго лахӏзаталъ ниж тӏад руссана дол саназухъе, ва цӏидасанги дие цӏилъана Патӏиматил сипат:\n— Кӏалъалеб буго Махӏачхъала. Рорчӏами, хириял магӏарулал…\n— Йорчӏами, хӏурматияй Патӏимат. Гьединаб берцинлъиялъул тахида даимаб парахалъи батаги дуда."}
{"slug": "16255-mashgurl-i-tsiekholezul-tsiekil-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16255-mashgurl-i-tsiekholezul-tsiekil-i", "title": "Машгьурлъи цӏехолезул цӏекӏлъи", "date": "2022-03-03 11:58:01", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Кинаб рахъалдасан балагьаниги, гьунарал гӏемераб миллат буго нилъер. «Оцол багьаяб кечӏ» — гьадин абулаан умумуз магӏна-гӏин бугеб шигӏру къватӏибе бахъидал. Оцги гӏезегӏан захӏмат бихьун бахъунелъул гӏурдаде. Тохал, загӏипал кучӏдул гьищтӏи бахъинабун тӏирщизеги риччалароан.\nМискинаб бугила магӏарул мацӏин абулелги камуларо, гьединазда гурхӏизеги бачӏуна. Кутакалда берцинаб, лъарал чили гӏадаб мацӏ буго нилъер, гьелъул тӏагӏам лъалел, гугьар рекӏелъе биччаразул каламги букӏуна камилаб. Цӏакъго гӏемерав чи лъала дида кочӏохъе кӏалъалел, хъван жидер шигӏру тӏибитӏизабуларел.\nКъого бихьичӏого, гьоркьоб хӏарщ чӏвачӏел «шигӏрабаз» тӏалъи босулеб бихьидал, цӏунцӏраххуна ракӏ. Квеш ккараб жо буго, кочӏол роценалда рагӏи сокӏкӏун бажарулел гӏемерисезда, жидецаго хъвараб цӏакъго берцин бихьи, цогидазулалъе къимат кьун бажарунгутӏи, адабияталъул ирс — классикал, авар мацӏалда къватӏире рачӏунел басмаби гьез цӏалунгутӏи. Дораса-гьаниса данде гьарун, нису жубараб тӏех гӏадал, шигӏруялъухъего сокӏкӏараб хабар бугӏулеб буго гьез жамгӏиял гьиназдасан.\nГьезул «асарал» магӏабиян ахӏун, назмабиян рикӏкӏун пиригӏан хехго тӏиритӏула. Жидер кучӏдул ахӏеян гьел кочӏохъабазда гьардола, жалго рахъун тадбирал тӏоритӏула, «творчествоялъул дунялалде» нух рагьизелъун машгьурал чагӏазе реццалъул одаби хъвала. Гъовго «кайфМага» гӏадал, кин балагьунги машгьурлъи тӏалаб гьабулеб къавмха. Бичӏчӏигун лъай бугез жидедаго гьоркьоб бицун гурони, «гӏела, лъалхъе, цӏекӏлъулел руго нужин» абуларо, нагагь критика гьабулев чи къулчӏизе хӏадурго дол «гьунарчагӏиги» рукӏуна. Абичӏого тӏураларелха нилъ, къаламцоял.\nНилъер миллаталъул букӏараб хасият гуро жалго рихьизарун цере кӏанцӏи. Гьанже гьеб учузаб гӏузру, гьунаргун бажари хӏисабалда къабул гьабулеб гьечӏищха. Тӏад гьайбатаб гъалай ги биччан, цӏакъ чамгӏалаб, чӏимигӏаб «нигӏмат» биччалеб буго адабияталъулгун маданияталъул «хӏаракатчагӏаз» къватӏибе. Жидерго тӏахьал, кучӏдул ругӏулел руго росабазул школазде, библиотекабазде, ясли-ахазде. Гьеб «поэзиялда» куцалеб буго цӏияб гӏел. Ясли-ахалде хьвадулей нижер 4 сон барай ясалъ, дие бокьулеблъи лъан, рикӏкӏунеб буго магӏарул кечӏ. Дун гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана. Лъица малъараб гьеб кечӏилан цӏехедал, садикалда, тётяца малъанин кьуна жаваб. Гьелдаса нахъе росун, аскӏосеб гӏагарлъиялъул гьитӏичазе сайгъат гьаруна Тубхӏатил «Дир гьайбатаб алипба», магӏарул халкъиял маргьабазул тӏахьал, чангоязе хъвана «Лачен» журнал.\nГьездаго цадахъ щибаб районалъул газеталъе хӏажатаблъун бихьула лъималазе хӏадурарал, «Бурутӏ», «Дерец», «Милъирщо» гӏадал адабияталъул хасал гьурмал кьезе. Цӏекӏлъиялъ тӏалъиги босун, кӏудияб гьунаралъул шагӏирзабазул гъваридал асараздаса махӏрум гьаризехъин руго цӏиял гӏелал.\nГӏакълу бугесда бичӏчӏила гьелъул кӏвар, гьечӏез биун тӏуниги эхебеги биччаларо.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "16270-rag-uj-k-ali-bukhulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16270-rag-uj-k-ali-bukhulel", "title": "«Рагъуй къали бухулел…»", "date": "2022-03-04 11:04:18", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечӏев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего буго ургъел. Киназего бокьун буго рагъ лъугӏизе, ургъелал кӏочараб, берцинаб яшвалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьунелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечӏо гьениб. Тӏубараб дунялго Россиялде дандечӏун бугебгӏадаб сурат буго. Санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде.\nСпорталъул рахъалъ дунялалда тӏоритӏулел кинал рукӏаниги къецаздаса нилъер спортсменал махӏрум гьарун руго. Гъурщил багьа квешго гӏодобе ккана. Гьелда рекъон, хиралъана гӏемерисеб къайи-цӏаги. Гӏадамал руго банкоматаздаса гӏарац бахъулел. Рагъде васал арал улбул, ургъалица кваналеб керенгун, я регун макьу гуреб, я рахъун рахӏат гуреб гӏумруялда руго. Украинаялда рагъде ритӏаразда гъорлъ дагьал гьечӏо нилъер республикаялдаса гӏолохъабиги.\nКъокъго абуни, ахӏвал-хӏал расги лъикӏаб гьечӏо. Киналго ралагьун чӏун руго Россиялъулги Украинаялъул делегациялда гьоркьор тӏоритӏизе ругел кӏалъа-бацаялъул хӏасилазухъ. Гьезул тӏоцебесеб дандчӏвай биххана гьабин абун цӏар лъезе лъалареб хӏасилгун.\nЖакъасеб номералда нижеца кьолеб буго Украинаялда унеб рагъуда тӏасан магӏарулазул гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъул цо-цо вакилзабаз загьир гьарурал пикраби.\nМухӏамад Мухӏамадов, ДНЦялъул РАНалъул Мацӏазул ва адабияталъул институталъул грамматикиял цӏех-рехал гьарулеб бутӏаялъул нухмалъулев:\n— Хӏакъикъаталдаги киназего буго ургъел жакъа Украинаялда унеб рагъул. Умумузул аби буго рагъалъ вас гьавуларин абураб. Лъиениги бокьун букӏинчӏо жакъа гьелде иш бачӏине. Амма рагъуе тӏоцебе къали бухарал чагӏи нилъеда лъала щалали. Гьеб ккола США. Украинаялъул гӏакълу гӏечӏо гӏурусазулгун питна-кьал жидее къваригӏун гьечӏин, нижги жахӏалго тейин, СШАялъул бутӏрузда абизе. Гьел ана гьезда хадур ва гьез абураб гӏадахъ босана. Гьелъул хӏасил жакъа нилъедаги бихьула.\nМагӏарулазул гьениб батӏияб пикру кинабха букӏинеб? Нилъ киналго Россиялъул гражданал ругелъул, жакъа цолъизе, гъункизе ккола ва киназго рагьун абизе ккола Украинаялда НАТОялъул блок хӏажат гьечӏин. НАТОялде гъорлъги ун, Россиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб бугеб гӏурхъилъун хӏажат гьечӏо нилъее жакъа Украина. Нилъее къваригӏун буго гьенив лъикӏав мадугьал. Мадугьаллъун гуреб вацал гӏадин рукӏана гьезул халкъ 70 соналъ нилъгун. Амма СССР биххун хадуб биххана гьезул вацлъиги, баккун бачӏана тушманлъиги, жахӏда-хӏусудги, хӏалихьалъиги. Илбис лъугьана нилъеда гьоркьобе.\nГьеб гуребги, гьезда (Западалда) ракӏалда букӏана Украиналдаса хадуб Грузиялдаги НАТОялъул блокги лъун жидерго мурадал гӏумруялде рахъинаризе. Бежтӏадерилги лъебелазулги гӏорхъода НАТОялъул базаби рукӏин нилъее, магӏарулазе, расги лъикӏаб жо гуро.\nЖиндир заманалда Путиница цо гара-чӏвариялда абун букӏана, НАТОялда гъорлъе Россияги бачейин абидал, Буш (Джордж Буш — СШАялъул вукӏарав президент) цӏакъ квеш-квеш валагьанин жиндихъилан. Гьезие Россия НАТОялда гъорлъ къваригӏун букӏинчӏо, гьезие къваригӏун букӏана Россиялъул ракьулъ бугеб бечелъи. Нилъер жеги гӏемераб нартги, газги, цогидалги магӏданал руго ракьулъ. Амма жидерго дора ругел тӏабигӏиял бечелъабазул сурсатги мукъсанлъун, гьанже гьезие къваригӏун буго нилъер магӏданазда тӏад кверщел гьабизе.\nМурад Багилов, Гъуниб районалъул Къорода-Кьотӏа школалъул нухмалъулев:\n— Цогидазего гӏадин диеги ургъел буго Украинаялда жакъа рагъулел ругел нилъер ракьцоязул. Дица дарс кьурал гӏолохъабазул чангоявги вуго жакъа гьеб рагъулъ.\nДица тӏубанго рахъккола Владимир Путиница гьабураб хӏукмуялъул. Хӏатта абила, гьанжеялдаса анкьго соналъ цебего битӏизе кколаан гьенибе аскар. Щайгурелъул, 2013 соналдаса нахъе нилъеда бихьана, гьанжеялдаса 80 соналъ цебе дирги дурги кӏудаинсуца кьичӏчӏи бакъвазабун букӏараб фашизм гьениб (Украинаялъул ракьалда) цӏидасан тӏегьан бачӏараб куцалъул. Хӏатта дол фашистал кӏочон тарал жанаварал рукӏун руго гьенир бандеразулазул къвам. Гьез чӏвалел рукӏана руччабиги лъималги, херал чагӏиги, рухӏулел рукӏана рукъзал, гьабулеб букӏана хъамалчилъи. Гьеб киналъего ахир лъезе заман щун букӏана. Гьединлъидал Путиница гьеб гали тӏамичӏого рес букӏинчӏо.\nУзухъда, дунгоги цеве чинал рарав, рагъулаб хъулухъалда вукӏарав чи вукӏиндал, дица абула бихьинчиясда тӏадаб буго нилъерго ватӏан цӏунизе. Ярагъ кодобе босанищ, дудаго тӏадаб налъи тӏубазе ккола дуца, рагъулав хъулухъчи хӏисабалда.\nАллагьас нилъер киналго гӏолохъаби сах-саламат гьениса нахъруссагиян дугӏа гьабила нилъеца киназго.\nУкраина сабаблъун санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде бакътӏерхьул улкабаз. Австралиялда абун рагӏула нилъер гьанибе жидеца тӏокӏаб кенгурудул гьан битӏиларин абун. Гьанже гьезул кенгуруялъул гьанги кваназе щвечӏого кинха дунги цогидавги вукӏинев Къорода. Гьезул санкциял дие руго, умумуз абухъе, тӏохде балеб цӏад гӏадинаб жо. Доллар бахунеб буго, бахайин абеха. Ахир лъие квеш кколебали бихьила. Россиялъул экономика накалтӏе ккезабизе гьезда ракӏалда батани, гьел жалго ккезе руго накалтӏе. Нилъер тӏабигӏил бечелъабазул сурасат жеги гучаб буго.\nСанкциял гӏемерлъунин, доллар хиралъунин гьанив магӏарухъ вугев дие щибниги къварилъи гьечӏо. Дие харжги доллараздалъун бачӏунаро, гьез санкциял гьарунин абун дица хуриб бекьараб нигӏматалъе щибго заралги кколаро. Зарал гьелъ гьабизе бегьула миллионал, миллиардал долларазул нахърателги гьабун, къватӏисел пачалихъазул банказда гӏарацги цӏунун ругел олигархазе. Дида кколеб буго, гьел рекӏеда ратизе, гьелги гӏадатиял гӏадмазда релълъун дагьалниги «мискинлъизе» ургъараб галицин батилин гьеб Путинил абун.\nГьале, Украинаялда гьеб хӏалуцин байбихьун анкь ана. Амма цохӏо дора рагъулел ругел гӏолохъабазухъ ракӏ унтун гурони, президентасул политикаялда дандечӏун кӏалъалев чи дида цадахъ хӏалтӏулезулги гьечӏо. Нагагь къо ккани къватӏиве вахъине хӏадурав, хӏалхьиялда вугев лъабгониги офицерги вуго дир сверухълъиялда. Гьелдеги иш бачӏинареб батила, Аллагьас рагъги гӏагараб заманалда лъугӏила.\nШамиль Хӏасанхӏусенов, «Махӏачхъалаялъул гӏолилал» ДРОялъул нухмалъулев:\n— 2014 соналъ Украинаялда пачалихъияб хиса-свериги гьабун тӏалъиялде рачӏана фашистазулаб идеологиялъул, гӏурусчи цӏакъ рихарал гӏадамал. Гьелдаса нахъе буго гьениб ахӏвал-хӏал хӏалуцунги. Гьелдаса нахъе рукӏана Луганск ва Донецк республикабазда расги гӏайиб гьечӏел гӏадамал (руччабигун лъимал) чӏвалел. Анкьгогӏан соналъ чӏана нилъер пачалихъ сабру гьабун, лъугӏилародай гьениб чӏвай-хъвей абун, маслихӏат гьабизеги чанцӏулго къасд гьабуна. Амма лъугӏичӏо, лъугьинчӏо маслигӏатги. Гьединлъидал исана февралалда, Федерацилъул советалда дандги бан, ООНалъул резолюциялда бихьизабураб изнуялдаса пайдаги босун, президент Владимир Путиница хӏукму гьабуна гьенибе аскар битӏизе.\nЖакъа гӏемерав чияс, гӏемераб жо хъвалеб буго социалиял гьиназда. Хӏажат гьечӏила нилъее санкциялги, къваригӏун гьечӏила рагъги, гьеб би тӏей чӏезабеян хитӏабал гьарулел чагӏи гӏемерал руго. Дунги разияв вуго, доб гӏурусазул кициялда абухъего, ччобораб рагъудаса, хӏалакъаб букӏаниги рекъелго лъикӏин абураб каламалда. Рекъел, узухъда, хӏажат буго.\nАмма нилъер пачалихъалъул нухмалъулес абуна, жакъа Россиялъ гьединаб гали тӏамун букӏинчӏебани, метер гьебго ярагъ СШАялъги, НАТОялда гъорлъ ругел цогидал пачалихъазги нилъеде (Россиялде) данде кьвагьизе букӏанин абун. Гьебги хӏисабалде босун, гьабичӏого рес гьечӏеб хӏукуму букӏанин Украинаялде аскар битӏи. Гьесда божичӏого рукӏине гӏилла жакъа дида бихьулеб гьечӏо.\nСанкциязухъаги хӏинкъун жакъа нахъе кӏанцӏун чӏезе нилъ бегьиларо. Щайгурелъул Украинаялда гьеб рагъ ккун букӏинчӏебаниги, Западалъ нилъее санкциял лъазаризе цогидал ресал ратулаан. Гьеб нилъеда бихьана ахираб заманалда, кӏигьумерчилъиги, хӏалихьалъиги гурони СШАялъ нилъеде гӏаданлъиялъул рахъ хӏалтӏизабичӏо. Гьезие бокьун буго нилъ квеш рукӏине.\nПачалихъалъул жанисел гӏунгутӏаби руго, гьел кидаго рукӏуна ва рукӏинеги руго. Амма къватӏисахун хӏинкъи бугони, нилъги кьерун чӏезе бегьуларо. Гьеб мисалалъ кидаго бетӏералъ тӏокӏаллъун рукӏана нилъер умумул. Нилъ бараб ахӏулъги, ахӏараб болъги киданиги нахъе кӏанцӏун чӏечӏо, гӏаммав тушманасда данде рахъана ва бокьараб рагъулъ бахӏарчилъиги бихьизабуна.\nНилъер гӏорлохъабазда Аллагь гурхӏаги, гьелги сах-саламатго жидерго эбел-инсухъе, хъизамалъухъе нахъруссине хъван батаги. Нилъеца киназго гьезие гьедин ккагиян дугӏаги гьабила, ИншаАллагь. Гьанже бищун кӏудияб хьул буго кӏиябго пачалихъалда гьоркьор ракълилал кӏалъа-бацаязул хӏасил лъикӏаб ккелин абураб. Тӏоцебесеб дандчӏвай гьез тӏобитӏана, 2 марталда цоги нухалда дандчӏвазе руго. Хьул буго Украинаялъул рахъалдаса делегациялъул къукъаялъул рекӏелъе гьеб къоялде иман тӏинкӏилин ва ишги ракълиде бачӏинин абураб. Нилъее рагъ хӏажат гьечӏо, рекъел къваригӏун буго. «Рагъалдаса рекъел лъикӏ» абун цӏакъ берцинаб ва гӏакъилаб кици буго умумузул. Киназего гьарула роцӏцӏараб зобги талихӏаб гӏумруги.\nМурад Ахӏмадов, «Гьудуллъи» ва Лачен» журналазул бетӏерав редактор, публицист:\n— Бокьараб рагъуда, кинаб гьеб батаниги, гьелда дандечӏарав чи ккола дун. Гьединго, гӏайиб гьечӏел, кумек гьечӏел гӏолохъабигун ручччаби ва лъимал чӏваялдеги. Гьеб киналдего дандечӏарав чи вукӏана дун кидаго, жакъаги дир пикру хисун гьечӏо. Амма… Амма Донбассалда жакъа бугеб бада-гъудур, рагь-кьал халатбахъунеб бугелдаса микьго сон буго. Лъиениги, жибго Украинаялъеги гьелъул ургъел букӏинчӏо. Чӏвалел, холел руго щибго гӏайиб гьечӏел чагӏи. Жакъа гьез «гӏащтӏичи» абун рокьукъаб тӏокӏцӏар жинда рекӏинабураб Россиялъ, гьеб микьабго соналъ Украинаялъе бикьана газ, ток, нарт ва гьеб гуреб, кванил нигӏматаздалъунги хьезабуна гьезул халкъ. Амма Украинаялда гьеб бихьичӏо, гьезда гьеб кӏочон тана. Гьезул Россиялдехун букӏана хӏехьезе кӏолареб рокьукълъиги ццимги.\nУкраинаялда лъугьунебги толелъулги хӏакъикъат рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏуларезе бигьа букӏуна батӏи-батӏиял рагӏаби рехизе. Амма дида гъваридго бичӏчӏула ва лъала гьениб лъугьунеб жо. Щайгурелъул дица гьелда хадуб цебегоялдаса нахъе халккун бугелъул. Гьединлъидал дица абила, гьанже гьеб цебе букӏараб Украина гуро. Гьеб буго Западалъе данде кколеб, гьезул зурмихъе кьурдулеб Антироссия. Гьелде сверана гьеб.\nДие бокьула Украина. Щайгурелъул дун гьенив гьавидал. Гьенив цӏалана, гьенир руго дир гьудулзаби, дида лъала гьезул мацӏ. Гьединлъидал дие гьеб чияраблъун кколаро. Украинаялда руго дир рекӏее гӏагарал ва хириял чагӏазул хабзал.\nДир кӏудияв эмен вагъана гьеб ракьги цӏунун, Днепр гӏорда букӏараб гучаб рагъулъ лъукъана гьев. Кӏудияй эбелалъ хӏехьана Ленинградалъул блокадаялъул ракъи. Дир эбелалъул вац хвана Чернобылалда ккараб атомалъул балагьалдаса гӏадамал цӏунулаго унтиги ккун. Гьел киналго рукъун руго Украинаялда.\nАмма жакъа гьеб тӏубанго хисана. Гьез жидерго рокьукълъиялъул цӏураб гьумер буссинабуна Россиялдехун. Рокьукълъиялъулги ццидалги цӏурал къучӏби рукӏана гьез лъагӏалабаца цӏезарулел.\nУкраинаги Россияги букӏана цо халкъ, амма гьел цоцаздаса тӏезаризе лъагӏалабаз хӏаракат бахъана хасал чагӏаз. Тӏоцебе гьелъие байбихьи лъуна 90-абилел соназ, гьелъул вукӏарав президент Леонид Кучмаца. Гьевги, гьесда хадур рачӏарал хутӏарал президенталги рукӏана гӏурус мацӏги рихарал, Россиялда хурханщинаб жоги жужахӏалъул цӏагӏанги къабул гьабуларел. Хадуб, къватӏисел пачалихъаз байбихьана Украина яргъидалъун хьезабизе.\nЖакъа рес букӏанищ гьаб вахӏшилъиги би тӏейги нахъчӏвазейин суал кьуни, дица абила, букӏанин. Хӏатта жиндир заманалда Ельцинцин гӏодов чӏана Ичкериялъул вакилзабигун кӏалъа-бацаял гьаризе. Гьезул шартӏазда разилъун, цо-цо жоялде берал къанщана гьесцин доб мехалъ. Амма жакъасеб Украинаялъул мурадал батӏиял руго – Россиялъул сан гьабунгутӏи. Гьабсагӏат унеб рагъуде гьел рачӏана ургъун, жидедаго ракӏчӏун.\nАллагьас кантӏиги, гӏакълуги, къуватги кьеги гӏагараб заманалда гьеб балагь лъугӏизабизе, би тӏей чӏезабизе. Рагъ нилъее къваригӏун гьечӏо.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16388-koronavirus-nakh-e-k-aleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16388-koronavirus-nakh-e-k-aleb-bugo", "title": "Коронавирус нахъе къалеб буго", "date": "2022-03-11 07:11:43", "categories": ["med"], "text": "Коронавирусалде данде къеркьеялъул мурадалда гӏуцӏараб оперативияб штабалъ тӏобитӏана иргадулаб данделъи. Гьениб ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас рехсана вакцина гьабиялъул рахъалъ нахъе ккарал шагьаразулгун районазул цӏарал. Гьединазда гъорлъе ккана Махӏачхъала, Дербент, Избербаш шагьарал ва Гъуниб район. Рехсарал муниципалитетазда щай гьединаб ахӏвал-хӏал бугебали бакӏазде щун балагьизе, цӏех-рех гьабизе республикаялъул нухмалъулес Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тӏадкъана хасаб къокъа гӏуцӏизе.\nКъокъа гӏуцӏана ва тӏоцебесеб сапар бухьана Дербенталде. Щиб гӏиллаялда бан гьениб коронавирусалда данде вакцина гьаби нахъеккун бугебали нижеца цебеги бицун букӏана. Гьал къояздайин абуни къокъа щвана гьеб рахъалъ хашал хӏасилал ругеб Гъуниб районалде. Дандчӏвана муниципалитеталъул нухмалъулев Мудунхӏажи Къадировгун, райбольницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Шапиевгун ва Роспотребнадзоралъул территориалияб отделалъул начальник Заират Хӏажиевагун.\nМудунхӏажи Къадировасул рагӏабазда рекъон, коронавирусалъул тӏоцебесеб гьужумалдаса нахъе вакцина гьабиялда сверухъ хӏалтӏи районалда лъикӏ гӏуцӏун буго.\n— Гьеб рахъалъ ахӏвал-хӏал гьанжелъизегӏан квеш букӏинчӏо. Лъаларо щиб ккарабали, амма ахираб заманалда вакцина гьабулезул къадар дагьлъун буго. Гьелъие гӏиллалъул букӏине бегьула бичӏчӏи бугел гӏадамазги гьеб гьабун, кантӏизариялъул хӏалтӏи дагьаб нахъеккун букӏин. Гьелдаго цадахъ районалда бищун цӏорораб заманалда токалда сверухъ букӏана гъалмагъир. Гьеб рахъ рукӏалиде бачӏинабиялда тӏад хӏалтӏулел руго. Гьединго росабалъ участковиял тохтурзабаз, имамзабаз ва бегавулзабаз тӏоритӏулел руго бичӏчӏикьеялъул тадбиралги, — ян абуна гьес.\nМухӏамад Шапиевас бицана районалда гӏемерал гӏадамал коронавирусалъул «омикрон» тайпаялъ унтанилан.\n— Дир хӏисабалда, вакцина гьабулезул къадар дагьлъиялъе гӏилла ккола росабалъ хехаб къагӏидаялда «омикрон» тӏибитӏи. Коронавирусалъ унтарав чиясе бащдаб лъагӏалидаса гурого гьабизе бихьизабун гьечӏо вакцина. Прививка гьабизе рачӏунел дагьлъиялъе буго цоги гӏилла. Гъуниб районалда прописка гьабурал чагӏазул гӏемерисез гӏумру гьабулеб буго гӏатӏиракьалда. Нужецаго пикру гьабе, кинабгоги рехун тун вакцина гьабизелъун гьел гьанире рачӏинищ? Руго гӏадамал вакцинаялда данде чӏаралги. Гье- диназда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гьабулеб буго гьоркьоса къотӏичӏого. Гӏураб къадар вакци- наялъул районалъул больницаялда буго. Гьединго руго коронавирусалъ унтаразе дарабиги, — ян бицана бетӏерав тохтурас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, районалда коронавирусалда данде вакцина гьабун буго 10115 чияс (73,5 %), унтун больницаялда вегун вуго ункъо чи.\nРоспотребнадзоралъул территориалияб отделалъул нухмалъулей Заират Хӏажиевалъ бицана Гъуниб районалда коронавирусалда сверухъ чӏезарурал гӏорхъичӏваял ва санитариялгун эпидемиологиял тӏалабал рукӏине кколеб къагӏидаялда цӏунулел ругин.\n— Гьеб рахъалъ абизе рагӏи гьечӏо. Вакцинациялдеги кӏвар кьолеб буго. Бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гьабизелъун нижер ва райбольницаялъул хӏалтӏухъаби щвечӏеб росуго хутӏун батиларо. Гьаниб гӏумру гьабулел гӏадамазул гӏемерисез прививкабиги гьарун руго. Гьелъги батила унтаразул къадар къойидаса къойиде дагьлъулеб, ахӏвалхӏал роцӏунеб бугеб, — ан бицана З. Хӏажиевалъ.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "16394-namus-khvezabizegian-khvelgo-tiasa-bishchana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16394-namus-khvezabizegian-khvelgo-tiasa-bishchana", "title": "Намус хвезабизегӏан хвелго тӏаса бищана", "date": "2022-03-11 08:30:37", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Лъабабилеб марталда РФялъул президент Владимир Путини ца указалдалъун, «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏар кьуна Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда чӏварав Дагъистаналдаса Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасе (1997-2022). Гьелъул хӏакъалъулъ президентас лъазабуна улкаялъ ул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул советалъул данделъиялда. Н. Хӏажимухӏамадов ккола Дагъистаналдаса 38-абилев Россиялъул Бахӏарчи.\n«Гьес бихьизабуна бихьинчиясулаб къвакӏи, унго-унгояв командирас гӏадин цӏунана жиндир нухмалъиялда ругел солдатал. Рагъулаб тунка-гӏусиялъулъ захӏматго лъукъарав Нурмухӏамад вагъана ахирисеб хӏухьел угьизегӏан ва ахиралда, гранатаги кьвагьизабун, жиндаго цадахъ къанщизаруна жив сверун ккурав чанго тушманги», — ян бицана Россиялъул президент В. Путиница, бахӏарчияв дагъистаниясе тӏадегӏанаб къимат кьолаго.\nНилъ чӏухӏарал руго Украинаялъул миллатчагӏазде данде тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулел аскариязда гьоркьоса тӏоцевесев Россиялъул Бахӏарчилъун нилъер ракьцояв вахъиналдаса. Гьебго заманалда нилъ цӏакъ пашманлъизаруна Бахӏарчиясул цӏар кьурав гӏолохъанчи хвеялъ. Гьеб буго ватӏаналде къо ккараб мехалда дагъистаниязулъ загьирлъулеб бихьинчилъиялъулги хӏинкъи гьечӏолъиялъулги иргадулаб мисал.\nГьеб буго жиндирго гӏумруялъе хӏинкъи бугеб заманалда унго-ун- гояб къагӏидаялда бихьизабураб Россиялъул гражданинасул патриотизм, ракӏалъ хӏакъирлъи къабул гьабунгутӏи ва яхӏ-намус бацӏцӏадго цӏуниялъе гӏоло тӏасабищараб хвел.\nНурмухӏамад гьавуна 1996 соналъул 29 сентябралда Лак районалъул Къани росулъ, Ингушетиялъул жанисел ишазул министрасул заместитель, «За отвагу» ва «За боевые заслуги» абурал медалазеги Бахӏарчилъиялъул лъабго орденалъеги мустахӏикълъарав полициялъул полковник Энгельс Хӏажимухӏамадовасул хъизамалда. Гьесул эбел Сапижат Мазаева хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул №26 школалда байбихьул классазул учительницалъун. Нурмухӏамадица лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул №42 школа.\nЖеги гьитӏинго десантниклъун вахъине гъира букӏарав гьев ана Рязаналъул тӏадегӏанаб десантниказул училищеялде цӏализе. Тӏоцебесеб курсалдаса нахъе вукӏана взводалъул командирлъун. Рагъулаб хъулухъ гьабулеб букӏана Россиялъул ВДВялъул Ставрополалда бугеб гвардиялъулаб десантазулгун гьужумалъулазул Кавказалъулаб полкалда. Гьенисан, жиндирго къайицадахъалгун, ана Украинаялда Россиялъ тӏобитӏулеб рагъулаб операциялда гӏахьаллъизе. Десанталда цадахъ гьев рехун вукӏана Украинаялъул армиялъул тылалде. Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь бугеб рагъухъабазул къокъа сверун ккуна гьездаса гӏемерго цӏикӏкӏараб тушманасул хъамалчагӏаз. Гьеб рагъулъ Нурмухӏамад захӏматго лъукъана, амма гьес ротаялъе гьабулеб нухмалъи къотӏизе течӏо. Сверун ккуралъуса ворчӏулареблъи бичӏчӏараб мехалда, асирлъуде ине бокьичӏого, гьес гранатаялъ сверухъ лъугьарал Украинаялъул армиялъул аскариялгун цадахъ живго жинцаго кьвагьизавуна.\n2022 соналъул лъабабилеб марталда Россиялъул президент В. Путиница гъулбасараб указалда рекъон, «рагъулаб борч тӏубалаго бихьизабураб бихьинчилъухъ ва бахӏарчилъиялъухъ» Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов мустахӏикълъана «Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи» абураб цӏаралъе. Гьедин намус хвезабизегӏан хвелго тӏаса бищана Дагъистаналъул бахӏарзазул хасиятал жиндилъ куцарав гӏолохъанчияс. Гьев кидаго хутӏила халкъазул ракӏазулъ."}
{"slug": "16395-23-dag-istaniyal-e-kuna-tsiaral-va-shapak-atal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16395-23-dag-istaniyal-e-kuna-tsiaral-va-shapak-atal", "title": "23 дагъистаниялъе кьуна цӏарал ва шапакъатал", "date": "2022-03-11 08:33:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Руччабазул къоги баркун, 23 дагъистаниялъе пачалихъиял шапакъатал кьуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас.\n«Эбелалъул Орден» щвана анцӏго лъимадул эбел, Гъизляралдаса Разият Гӏамиргӏалиевалъе, «Багьадураб захӏматалъе гӏоло» медаль кьуна ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъе.\nДРялъул мустахӏикъай учительлъун яхъана Гъ. Гъалбацӏовасул цӏаралда бугеб бекьечӏдерил Гӏарада хъутаналъул школалъул директор Бика Махӏмудова.\nМисалияв вас гӏезавуралъухъ Сергей Меликовас баркала кьуна цӏерги тӏун, хӏориний гъанкъизехъин йикӏарай яс хвасар гьавурав Хунзахъ районалъул Гӏоротӏаса Абубакар Расуловасул эбел Патӏиматие.\nГьаб захӏматаб заманалда медицинаялъул бугеб кӏварги хӏисабалде босун, Меликовас шапакъатаздалъун кӏодо гьаруна цо-цо тохтурзабиги. Масала, Махӏачхъалаялъул лъимал гьарулеб тӏоцебесеб больницаялъул бетӏерай тохтур Земфира Хӏажиева.\nГьаб захӏматаб заманалда медицинаялъул бугеб кӏварги хӏисабалде босун, Меликовас шапакъатаздалъун кӏодо гьаруна цо-цо тохтурзабиги. Масала, Махӏачхъалаялъул лъимал гьарулеб тӏоцебесеб больницаялъул бетӏерай тохтур Земфира Хӏажиева."}
{"slug": "16396-g-izilyurt-rajonalda-ganal-kombinat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16396-g-izilyurt-rajonalda-ganal-kombinat", "title": "Гъизилюрт районалда — гьанал комбинат", "date": "2022-03-11 08:34:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъиялъ гьал къоязда гьоркьоб лъун букӏана гьанал комбинат баялъул суал. Гьелъие тӏаса бищун буго Гъизилюрт районалда бугеб кӏиго участок.\nДагъистаналда гӏезабураб гьанал къимат буго улкаялъул цогидал регионаздаги. Гьединлъидалги гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезаризелъунги нилъее чара гьечӏого хӏажат бугин гьединаб комбинатилан абуна премьерминистр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\nГьебги букӏине буго цо смена- ялда жаниб чӏегӏерхӏайваналъул 50 ва гӏи-цӏцӏаназул 700 бетӏералъул гьан хӏадуризе бажарулеб къува- талъул комбинат. Гьенир рукӏине руго хӏайванал хъолеб, гьезул гьан бацӏцӏад гьабун къачӏалеб, гьеб хӏадурулеб цехги, гьанал консервалгун бакьал гьарулеб, тӏомал къачӏалеб цехалги."}
{"slug": "16397-chchugia-kib-kida-va-kigian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16397-chchugia-kib-kida-va-kigian", "title": "Ччугӏа: киб, кида ва кигӏан?", "date": "2022-03-11 08:37:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "9 марталда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас тӏобитӏана тӏинчӏ лъезе унел ва нахъ руссунел ччугӏби кквеялда бан гӏуцӏараб комиссиялъул данделъи.\nГьелъул вакилзабаз дандбана исана гьединаб ччугӏа кида, киб ва кигӏан кквезе бегьулебали.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас бицана кванил нигӏматаздалъун улка хьезабиялъеги ччугӏихъанлъиялъул кӏвар кӏудияб букӏиналъ Сергей Меликовасги тӏадкъан бугин гьеб рахъ цебетӏезабиялъул ишилан."}
{"slug": "16399-bizneschagiaze-mal-a-kh-vayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16399-bizneschagiaze-mal-a-kh-vayal", "title": "Бизнесчагӏазе малъа-хъваял", "date": "2022-03-11 08:39:02", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана маялъул ахиралда улкаялдаго тӏаса вищарав 300 бизнесчи вачӏине вуго Махӏачхъалаялде. Гьениб форумги тӏобитӏун, нахъисеб къоялъ гьел щвезе руго бищун гӏемер туристал рачӏунел бакӏазде.\n«Эквиум» бизнес-цолъиялъ «Реальный бизнес: инструкция по выживанию» абураб форум тӏобитӏиялдалъун гьезда малъизе буго жакъа гӏадал шартӏазда бизнес кин нухда бачине бегьулебали, кризисалда данде кин къеркьезе кколебали, захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккедал, рихха-хочунгутӏиялъе сунца кумек гьабулебали.\nГьединал тадбирал «Эквиумалъ» гьаризе руго миллион чияс гӏумру гьабулел шагьаразда. Махӏачхъала ккола гьелъие гӏоло тӏаса бищараб тӏоцебесеб шагьар."}
{"slug": "16400-gastarbajterazukh-a-rishvatgi-bosun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16400-gastarbajterazukh-a-rishvatgi-bosun", "title": "Гастарбайтеразухъа ришватги босун", "date": "2022-03-11 08:43:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ судалде битӏана миграциялъул управлениялъул (ДРялъул МВД) хӏалтӏухъанасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб дело.\nЦӏех-рехчагӏаз рикӏкӏунеб буго бихьизабураб заман ун хадубги жалго Дагъистаналда хӏалтӏизе таралъухъ Азербайжаналдасаги Вьетнамалдасаги гӏадамаз гьесие кьун бугин 900 000 гъурщил къадаралда ришват."}
{"slug": "16401-geresi-uchitel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16401-geresi-uchitel", "title": "Гьереси-учитель", "date": "2022-03-11 08:46:47", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ цӏех-рех гьабулеб буго «Земский учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон щолеб цо млн гъурущ жиндиего тӏалаб гьабурав пуланав учителасда хурхун.\nРоссиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ цӏех-рех гьабулеб буго «Земский учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон щолеб цо млн гъурущ жиндиего тӏалаб гьабурав пуланав учителасда хурхун."}
{"slug": "16403-ebelal-ul-raki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16403-ebelal-ul-raki", "title": "Эбелалъул ракӏ", "date": "2022-03-11 08:47:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъала шагьаралъул Семендералда гӏумру гьабулей Мадинат Шахбулатовалъул вас Рамазан, МВДялъул хӏалтӏухъан, хасаб операция тӏобитӏулаго лъукъун вукӏана. Амма, талихӏалъ, гьев чӏаго хутӏана ва пенсиялде ана. Вас чӏаго хутӏани, бесдал лъимал хьихьизе рачинин абураб рагӏи кьун букӏана эбелалъ ва, кьураб рагӏиги ккун, хьихьизе бесдал лъимал рачине къватӏие яхъана.\nАстраханалъул бесдалазул рокъоса вачана лъабго вас. Гӏемер заман иналде, кӏиабизеги сапар бухьана гьелъ гьенибего. Жакъа гьелъул тӏалабалда буго микьго лъимер. Бищун гьитӏинав Баширил буго 7 сон.\n8 марталъул хӏурматалда, Мадинатида байрам баркизе вачӏарав шагьаралъул нухмалъулев Салман Дадаев виххун хутӏана -микьабго лъимада лъалеб бугоан магӏарул мацӏ.\nНуж кисайин цӏехедал, гьез жавабги кьуна Дарада-Мурадасайилан абун. Гьел лъималазги Мадинатида бабайилан гурони абуларо.\nГьел лъимал руго сакъатлъи бугел, ва гьезие хъулухъ гьабиялъе кьолеб буго Мадинатица тӏолабго гӏумруги.\nГьединаб рагӏал гьечӏеб ралъад гӏадаб жо буго эбелалъул ракӏ.\nЗайнаб Гӏалимирзаева"}
{"slug": "16404-tiabigiat-tsiuni-shchivasda-tiadab-borch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16404-tiabigiat-tsiuni-shchivasda-tiadab-borch", "title": "Тӏабигӏат цӏуни – щивасда тӏадаб борч", "date": "2022-03-11 08:51:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Кванториум» абураб лъималазул технопаркалда тӏобитӏана школалда тӏадеги лъай кьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул данделъи. Гьениб бицана хӏалтӏул хӏалбихьиялъулги церечӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ.\nДанделъи нухда бачана «Кванториумалъул» методист Жамият Гӏумаровалъ. Семинаралъул гӏахьалчагӏазде хитӏабал гьаруна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялда цебе рагьараб «ДРялъул Гӏелмабазул гьитӏинаб академия» абураб ГБУялъул директорасул ишал тӏуралей Аймисей Дибировалъги гьелъул заместитель, рехсараб ГБУялъул Тӏабигӏиял гӏелмабазул дирекциялъул нухмалъулев Азардух Гӏалимовасги.\nАймисей Дибировалъ семинаралъул гӏахьалчагӏазул кӏвар буссина- буна «Экотропы» абураб проектал- де. «Нилъер республикаялда руго мугӏрулги авлахъалги, гӏоралгун ралъадги. Нужер районазда бугеб тӏабигӏиябги, маданиябги, тари- хиябги берцинлъи рагьулел про- ектазда тӏад хӏалтӏе. Гьезул пайда букӏина туризм цебетӏезабиялъеги экономикаялъеги. Букӏина пайда цӏалдохъабазеги – биологиялъул ЕГЭялде хӏадурлъиялъе», — ян бицана гьелъ.\nЮннатазул станциялдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегӏан гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Жамият Гӏумаровалъ. «Юннатазул станциялъул педагогазулги гьенире хьвадулел рукӏарал цӏалдохъабазулги цадахъаб хӏаракаталдалъун нижеца данде гьабуна лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун гъветӏхер – нилъер гьанирго рижулелги батӏи-батӏиял бакӏаздаса рачӏаралги, «Багӏараб тӏехьалда» хъвай-хъвагӏай гьабуралги, некӏсияб заманалдасаго цӏунун хутӏаралги ва къанагӏат гуро- ни тӏабигӏаталда дандчӏваларелги», — ян абуна гьелъ.\nЮннатазул станциялъул тӏабигӏиял гӏелмабазул дирекциялъ гьабулеб хӏалтӏулги гьенир рагьарал цӏиял профилазулги хӏакъалъулъ бицана Заира Хӏажиевалъ. «Аслияб къагӏидаялда жакъа лъималаз тӏаса бищула медицинаялъул яги гьанжесеб заманалъул технологиязда хурхараб махщалие цӏализарулел факультетал. Гьениб хӏажалъулеб лъай камил гьабизе рачӏуна нижехъеги. Гьебго заманалда нилъеца гьезулъ гъира базабизе ккола росдал магӏишаталъегун экономикаялъе хӏажатал махщелал тӏаса рищизеги. Гьезда гьединал мащелал берцин рихьула цӏиял технологиязда рекъон хӏалтӏи гӏуцӏани. Гьеб рахъалъ нижее кумек гьабула феде- ралияб идараялъ. Гьезул бихьизаби- ялда ва малъа-хъваялда рекъон цӏи гьарула нижеца цӏалулгун методи- киял программаби. Гьабсагӏаталда хӏадурулеб буго тӏабигӏиял гӏелмабазул профилазул цӏияб проект. Гьелда рекъон хӏалтӏи байбихьизе буго кватӏичӏого. Ниж балагьун руго теплицабазе ва цогидалъе хӏажатаб къайи бачӏиналъухъ», — ан бицана гьелъ.\nСеминаралъул гӏахьалчагӏазе кӏудияб асар гьабуна Гъизляралда бугеб «Кванториумалъул» нухмалъулезул кӏалъаялъ. Ракӏалда буго кватӏичӏого гьезухъе сапар бухьине – гьезул бугеб магӏишаталъухъ балагьизе ва цӏалдолезе гьелъул хӏакъалъулъ бицине.\nРакьалдаса тӏун вукӏине бегьуларо инсан. Щиб гьабулеб бугони- ги, кинаб махщел тӏаса бищаниги, гьесул гӏумруялда жаниб хутӏизе ккола гӏагараб ракьалъулгун бухьен чӏаголъулеб хасият. Масала, компьютеразул техникаялъулгун хӏалтӏулесулъ букӏине бегьула ахихъанлъиялде рокьи; фундаменталияб гӏелму цебетӏезабулев гӏалимчиясул рес буго рокъор хьихьулел тӏугьдузде рокьи бугевлъун вукӏине. Гьеб бараб буго щивав чиясе лъимерлъудаго щвараб лъаялдагун тарбиялда. Гьеб рахъалъ цӏакъ пайдаяблъун бихьана «Кванториумалъул» педагогаз гьабулеб хӏаракат.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "16407-fazul-adabiyatal-ul-barakat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16407-fazul-adabiyatal-ul-barakat", "title": "Фазул адабияталъул баракат", "date": "2022-03-11 08:53:19", "categories": ["kultur"], "text": "Машгьурай шагӏир Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏоритӏулел данделъабазде хьвадун ругьунай дун гьаб нухалда ккана Шамхал поселокалъул № 45 школалде.\nНижеда, ай гьалбадерида дандчӏвай гьабуна школалъул директор Валиев Мухӏамаддибирица. Школалъул жанахӏалъуре лъугьиндал бер биххараб, ракӏ гъураб асар ккана, миллияб парталги ретӏун, гьимиялъги чӏаголъиялъги гвангъарал школалъул мугӏалимзабаз, руччаби-ясаз къачӏан ругел жиде-жидер миллаталъул богогьанлъиялъул тепсияз бечед гьарурал столал рихьидал. Магӏарулазул, гӏурусазул, лъарагӏазул, лезгиязул, даргиязул, тумазул кванил хӏал бихьизе, директоргун цадахъ, щвана щибаб столалда аскӏоре.\nГьелдаса хадур данделъана школалъул залалда. Гӏурусгун магӏарул мацӏазда Ф. Гӏалиевалъул шигӏраби цӏали гуребги, гьелъул прозаялдасан рихьизаруна гӏолохъанаб гӏелалъе насихӏатиял бутӏаби. Цӏакъ рекӏелъе бортуледухъ шагӏиралъе хирияв Гӏумар-дадал роль хӏана тарихалъул мугӏалим Тинтинов Мурадица. Залалъул къадазда рарал Фазу Гӏалиевалъул гвангъарал, чӏахӏиял суратазги, гьелъул адабияталъул хӏакъалъулъ бицунел баннеразги, миллияб форма ретӏарал гӏахьалчагӏазул кьурди-кечӏалъги кутакаб асар гьабуна. Школалъул мугӏалимзабигун цӏалдохъаби гӏахьаллъараб церерахъин букӏиналъги батӏияб берцинлъи кьолеб букӏана тадбиралъе.\nЭбелалъул хӏакъалъулъ Фазул кечӏ цӏалана школалъул директорасул заместитель Гӏабдулаева Хадижатица, «Эбелалъул насихӏатал», аскӏой яхъун чӏарай цӏалдохъаналъе, эбелалъ ясалъе гӏадин, цӏакъ ракӏ хӏайранлъуледухъ цӏалана гӏурус мацӏалъул мугӏалим Мухӏамадова Шахсаламица.\nРехсечӏого гӏоларо гьеб байрам гӏуцӏаразул цӏаралги. Гьелги ккола тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Кахруманова Гӏатикат, рахьдал мацӏалъул мугӏалимзаби Шамсудинова Алита, Мухӏамадова Алипат ва Шапиева Марьям.\nЦӏакъ рекӏее гӏуна байрамалда гӏахьаллъизе Махӏачхъалаялъул цоцо школазул директорзаби рачӏун рукӏинги. Гьелги ккола: Фазу Гӏалиевалъул цӏар кьураб № 61 школалъул директор Дибиров Хъайтмаз, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб № 50 школалъул директор Изиев Махӏач, № 29 школалъул директор Халитов Мухӏамад, бесдал лъимал цӏалулеб школа-интернаталъул директор Хӏажиев Малик, № 29 школалъул директорасул заместитель Хӏасанов Аскер, № 58 школалъул директорасул заместителал: Мухӏамадова Муслимат, Гӏумарова Назиля, № 47 школалъул директорасул заместитель Мухӏамадова Сайгибат, Махӏачхъалаялъул лъай кьеялъул управлениялъул рахьдал мацӏазул методист Гӏумархӏажиева Рукъият.\nГьалбадерида гьоркьой йикӏана Фазу Гӏалиевалъул творчествоялда тӏад хӏалтӏулей, ахирал соназ гьелда цадахъ йикӏарай, ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Мухӏамадова Маризаги, «Горянка» этноцентралъул блогер Патӏимат Гӏабдурахӏмановаги, дидоязул НКАялъул президент Асхӏабов Мухӏамадрасулги.\nКӏалъазе рахъараз бицана Фазул борхалъиялъулги, гьелъул гӏамалхасияталъулги, гьелда рекъон букӏараб магӏарулалъе хасиятаб цо бихьинчилъиялъулги, дунялалъул 69 батӏияб мацӏалда цӏалулел гьелъул асаразулги, магӏарул шагӏиралъ дунялалъул чанго пачалихъалда тараб Дагъистаналъул чӏужугӏаданалъул рагӏиялъулги ва гӏемераб цогидалъулги хӏакъалъулъ. Улкаялъул президент В. Путиница пачалихъалъул бищун тӏадегӏанаб шапакъат – Андрей Первозванныясул орден каранда барай, Дагъистаналъул цӏар дунялалдаго рагӏизабурай Фазу Гӏалиева магӏарулай йикӏиналдаса чӏухӏараб даимаб асаргун къо-лъикӏ гьабуна нижеца иргадулаб тадбиралъулгун.\nТубхӏат ЗУРГЬАЛОВА"}
{"slug": "16408-bokanigi-bokichionigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16408-bokanigi-bokichionigi", "title": "Бокьаниги бокьичӏониги…", "date": "2022-03-11 08:55:42", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул аскарияз Украинаялда хасаб операция тӏобитӏизе байбихьидал, дунялалъул гӏемерисел улкабаз санкциял лъазариялда бан улкаялъул экономикаялда кӏудиял хиса-басиял кколел руго. Къокъабго заманалда жаниб учузлъана гъурщил къимат, бахана доллар ва гьелдаго цадахъ хиралъана гӏемерисеб къайи-цӏаги кванил нигӏматалги. Гьеб рахъалъ щибго хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏин ва кинабго жидер бербалагьиялда гъоркь бугин улкаялъул нухмалъиялъ лъазабуниги, метерисеб къо кинаб бачӏинебали лъаларин абураб хӏинкъиялъ гӏадамал хӏажаталлъун кколел руго, къваригӏун бугониги гьечӏониги, щвараб жо босизе, нахърател гьабизе. Гьединал ишаз базаразда лъугьинарулел руго хӏалкъаял, къанагӏалъулеб буго къайи-цӏа.\nРФялъул базаразул экономикаялъул централъул аналитик Ирина Светловалъул рагӏабазда рекъон, хӏукуматалъ кинабго гьабулеб буго инсанасе чарагьечӏого хӏажалъулел нигӏматазул багьабазда хадуб халкквеялъе ва гьел хиралъичӏого рукӏиналъе. Амма къватӏиса бачӏунеб продукция хиралъичӏого рес гьечӏо, гьезул къадар тӏадеялдаса тӏаде къанагӏалъулеб букӏиналда бан. Хӏатта цо-цо даранчагӏаз хӏаракат бахъулеб буго складаздагун нахъарукъзабахъ бегун бугеб къайи бахчизе, ай заманалдасан хираги гьабун бичизе букӏинелъун. Гьединал даранчагӏазул хӏиллаяб «кумекалдалъунги» рахунел руго багьаби.\nЖакъа базаразда ва чӏахӏиял тукабахъ хиралъичӏеб жо къанагӏатги гьечӏо. Хасго хиралъун буго ретӏел-хьит, автомобилал, электроника, гьайгьай, кванил нигӏматалги. Амма гьел санкциял лъазаруниги, къватӏиса бачӏунеб къайи-цӏа Россиялъул базаразде ккечӏого хутӏулареблъи хӏакъаб буго. Гьел нилъехъе рачӏине руго цогидал улкаби гьоркьор ккун, масала, Узбекистаналдасан. Амма хӏакъаб жо, гьеб киналъулго багьаби цере гӏадал рукӏине гьечӏеблъи.\nЩибха гьабизе кколеб? Аллагьасде мугъчӏвайги гьабун, нилъ хӏадурго рукӏине ккола бакътӏерхьул улкабаз лъазарурал гьел санкциязда дандечӏезе ва лъугьун бугеб хӏал къабул гьабизе."}
{"slug": "16409-moskvayalda-kiigo-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16409-moskvayalda-kiigo-dandchivaj", "title": "Москваялда кӏиго дандчӏвай", "date": "2022-03-11 08:56:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "10 марталда Москваялда, РФялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Виктория Абрамченкогун дандчӏвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов.\nГьез гьоркьоб лъуна республикаялъул северияб рахъалда ругел ракьал ракъдаллъиялде сверулел рукӏиналъулги чанго соналъ бацӏцӏад гьабичӏого тараб Терек гӏурул тӏину хӏабтӏил цӏеялъулги суал. Гьелда бан Сергей Меликовас рахӏатхвей загьир гьабуна их щведал гӏорги къватӏибе кӏанцӏун, сверухъ гӏумру гьабулел гӏадамазе зарал ккезе рес бугилан.\nГӏор бацӏцӏад гьабиялда хурхараб буго Аграханалъул залив, гьединго ччугӏбуз тӏинчӏ биччалел Аракумалъул, Гъоркьияб Терекалъул хӏорал цӏунизе бажари. Гӏураб къадаралда гьениб лъим бугони, лъикӏ букӏуна сверухъ ругел ччугӏа гӏезабулел магӏишатазеги жибго экологиялъеги.\nГьединго Сергей Меликов дандчӏвана улкаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Александр Новакгунги.\nГьез дандрана республикаялде инвестициял рачӏинариялда, ТЭКалъулгун ЖКХялъул система рукӏалиде ккезабиялда, газ бачиналда, дагъистаниязе хӏалтӏизе бакӏал чӏезариялда хурхарал суалал.\nМасала, газификациялъул программаялда бихьизабухъе, 2025 соналде нилъер гьаниб газ бачиналъул иш 79 проценталъ тӏубазабун лъугӏизе ккола."}
{"slug": "16410-rakialdeshchveyazul-khalatab-rakhas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16410-rakialdeshchveyazul-khalatab-rakhas", "title": "Ракӏалдещвеязул халатаб рахас", "date": "2022-03-11 09:01:13", "categories": ["magiarukh"], "text": "1974 соналда ДГУялъул биологиялъул факультет лъугӏарав дун витӏулев вукӏана Советск (Шамил) районалъул Дагъбаш росдал микьгосонилаб школалъул директорлъун хӏалтӏизе. «Нух гуреб, ток гьечӏеб, доба кибалиго рикӏкӏад бугеб росулъе унаро», — ян тӏирун чӏана. Хадуб райОНОялъул заведующияс лъазабуна Ругъелда росдал школалъул завучлъун хӏалтӏизе ине кколин.\nКъелеве витӏулев вугин бициндал, дирго росдал (Гьентӏа) гӏадамаз абуна къелесел ругин кутакалда лъикӏал, гьалбал хириял чагӏи. Гьениве витӏулев ватани, расги ургъичӏого сапар бухьейин абун.\nХулжазда жаниб гӏиялъажоялъул къулагӏиги лъун, дир эмен чоде вахана ва, мун нилъер гьалбазда вихьизавизе кколинги абун, ниж сапаралъ рахъана. Нахъисеб къоялъ эмен нухда регӏизе дун Ругъелда росу ахада букӏараб больницаялда аскӏове ана. Къан дир кверги бачун, «къапун чӏаян» къокъабго каламги гьабун, эмен ана. Сверулъа гьев тӏерхьиндал, дир бадиб магӏу хулана. Къваридаб кӏкӏал, гӏоралъ кьоги ун, гьечӏеб нух, басрияб школа, лъаларел гӏадамал…\nГьениса вуссунаго, гьоболасул лъималазе конфетал росизеян тукаде щварав дида тукенчи Гӏабдукаримил Мухӏамадица абуна: «Кьо гьечӏо, нух гьечӏо, почалъул чоца баччун гурони тукаде къайи щоларо. Гӏаракъиги, килькаялъул банкабиги, цӏамги, спичкабиги гуреб тукада щибго гьечӏо», — ян. Гьеб харбица кӏудияб ургъалилъеги ккезавуна. Амма гӏададисел ратана дир ургъалаби, гӏагарав чи гӏадин къабул гьавуна школалъул коллективалъ.\nБитӏараб батана къелдерие гьентӏасез кьураб къиматги: къелесел ратана сабураб гӏамал-хасияталъул чагӏи. Гьенив дун хӏалтӏараб лъабабго соналда жаниб къелдерил кӏкӏалахъ ккечӏо цониги рагъ-кьал, хӏажат гьечӏеб дагӏба-рагӏи. Гьелъул гӏаксалда, бертин-туязда, рохалилал данделъабазда, байрамазда букӏунаан лъугӏиго гьечӏеб сухӏмат, кечӏ-бакъан, махсара-хочӏ.\nБицинин Ругъелда росдал жамагӏаталъул букӏараб цо берцинаб гӏадаталъул хӏакъалъулъги. Хасалоде бакъвараб гьанал ва хӏунтӏелазул нахърател гьабизелъун гӏи-боцӏи хъвехъулеб хаслихълъиялъул моцӏазул сардал росдал агьлуялъ тӏоритӏулаан унго-унгоял байрамал гӏадин. Росулъ хӏайванал хъвехъулаан ирга гьабун. Хъураб хӏайваналъул лъабил бутӏа цӏетӏеги ккезабулаан. Маркӏачӏуда хъвехъари гьабурасул бакӏалде бакӏарулаан жамагӏат. Хважаинас гьенире ахӏулаан зурмихъабигун къолохъаби, кочӏохъаби ва махсарачагӏи. Кваналеб гьан, гьекъолеб чӏагӏа, ахӏулел кучӏдул, тӏоритӏулел батӏи-батӏиял хӏаял, рогьинегӏан сухӏматалъулаб пуй-кьаби, хӏатӏал сваказегӏан кьурдулел гӏадамал. Гьеб тадбир букӏана модаялда ва тӏобитӏулаан тӏубараб моцӏалъ, ай хъвехъари лъугӏизегӏан.\nЦоги мисал. Гьоболлъухъ дун гӏемерисеб мехалда кколаан Сомоде. Гьенир рукӏана нижер тӏохол гьобол Гӏумар ва гьесул вас Израгӏил, гьединго, диргун цӏакъ данде кколев вукӏарав, школалъул библиотекаялда хӏалтӏулев Набигула. Гьев вукӏана унтарав чи. Гьесда лъалаан жив, рикӏкӏун кьурал къоял тӏагӏун, къадаралде щолев вукӏин, амма дида хӏал лъазе течӏого, ракӏгъеялъе мандолинаялда бакънал рачунаан.\nКъелдерица гьалбадерие гьабулеб хӏурмат-хъатиралъул бицунаго, бегьуларо Сомодаса дир гьобол Кӏодохӏмад ракӏалде щвезавичӏого. Лъадиги хун, лъабго гьитӏинаб лъимерги хьихьун вугев чи вукӏана гьев. Гьединаб захӏмалъиялда вугониги, гьалбадерил мурад тӏубазе ва гьезие хъулухъ гьабизе гьесде вахарав чиго ватиларин пикруги гьабулаан дица. «Гӏодоркъоязда мун Ругъелда чӏоге, нижехъе вачӏа», — ян лъазабуна гьес. Кидаго разияб гьумер, рукъалъул къварилъиялъул хӏал лъазе течӏого, цебе лъолеб тӏагӏам, велъун гурони гьабулареб калам, тӏадчӏараб адаб-хӏурмат… Камилаб гӏамалхасияталъул инсан вукӏана мунагьал чурад.\nЦоги мисал. Хъапустӏан бичизе Сомоде вачӏана дир инсул вац Хӏусен. Гьесие кумекалъе дунги ана гьениве. Къаси ниж гьоболлъухъ Израгӏилихъ рещтӏун рукӏана. Гьентӏаса гьоболасул ракӏгъезабизеян, зурма-къалиги босун, маркӏачӏул гӏужалда Сомоде рачӏана Ругъелдаса зурмихъан Гъазимухӏамадил Мухӏамадги къолохъан Гӏумарил Мухӏамадил Хӏажиги. Пуна-кьабуна, кьурдана, кечӏ ахӏана, тӏубараб сухӏмат, ай ун го-унгояб ихтилат-кеп гьабуна нижее гьел хӏалчӏахъадаз.\nРугъелда росдал школалда дир букӏараб хӏалтӏи-хъулухъалъул бицинаро, амма школалда ккараб кӏиго кепаб лъугьа-бахъин ракӏалде щвезабичӏого гӏоларо. Дун гьенив хӏалтӏулеб кӏиабилеб соналъул декабрь моцӏ букӏанин ккола. Махӏачхъалаялда экзаменазда вукӏана тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Тӏайгибил Мухӏамад. Лъай-махщел камил гьабизе, директор Ахкубеков Мухӏамад кӏиго моцӏалъ пединституталде цӏализе унев вукӏана. Гьединлъидал дида тӏаде бегана школалъул тӏалабчилъи. Дие «къиматал тӏадкъаялги» кьун, директорас дихъе бегьана школалъул печать, хадуб, сейфги рагьун, жаниб бугеб спирталъул шишаги бихьизабун, абуна: «Вореха, дуца гьаниб спирт букӏин лъазе тоге, лъани, лъикӏаб бицун, квешаб бицун, гьал хӏалчӏахъадаз дуе хӏалхьи толаро», — ян. Директор ун нахъисеб къоялъго рачӏана «хӏалчӏахъадал», цин веццана, цинги какана дун, чара щиб, кьуна спирталъул шиша. Щаяли лъаларо, тӏадвуссун хадуб Ахкубековас спирталъул цӏар бахъичӏо.\nЦоги лъугьа-бахъин. Школалда букӏинчӏо телефоналъул бухьен. Хӏебдаса ахӏулеб бугилан, векеризе кколаан рикӏкӏада бугеб почалде. Гьеб чӏалгӏарав дица почалъул начальник Мутӏалимида гьарана школалда телефон лъезе кумек гьабеян. Кӏиго сагӏаталдасан школалда телефоналъул зваргъи бахъана. Кӏудияб бахӏарчилъи гьабурав чи гӏадин, телефон лъун бажариялдаса чӏухӏун вукӏана дунги. Амма директорасе къабуллъичӏо школалде телефон бачун бати. Къварилъунги лъугьун, гьес абуна: «Цӏакъ къваригӏел гьечӏеб хӏалтӏи гьабун буго дуца. Регӏараб-регӏичӏеб заман цӏехечӏого, Хӏебде ахӏула, ккарабги ккечӏебги хӏалтӏи малъула, дудаго бихьила школалъул хӏалтӏуе телефоналъул букӏунеб квалквал», — ан. Квалквал букӏарабищали лъаларо, амма учительзабазе гьелъул саламатаб квегӏенлъи ккана.\nЦо нухалъ Къелеве унаго ккараб хӏикматаб хвасарлъиялъул хӏакъалъулъги бицина. ОНОялъул данделъабаздеги ун тӏад вуссунаго Ругъелдеги киданиги унароан дун, гӏагараб росулъе щун гурони. Доб нухалъ Хӏебде данделъиялдеги дун ана Гьентӏа росдал школалъул учительзабигун цадахъ. Гьениса лъугӏидал, учительзабазул харжалъул гӏарацги сумкаялъуб сокӏкӏун, дица нигат гьабуна къелдерил кьотӏасан Ругъелде тӏад вуссине. Кватӏун гурони щвечӏо Лъаратӏе унеб машина, дунял рукӏкӏине байбихьулеб заманалда щвана кьодухъе. Январь моцӏ, цӏороца тӏасан бацараб гӏор, гӏорда тӏасан цӏараб бица таб маххул кварида далараб цӏулал ящикалда рекӏун ани гурони, цебехун гьечӏеб нух. Киданиги гьединаб ящикалда рекӏарав чи вукӏинчӏо дун. «Я Хизри, я Илясанги» ахӏун, диего яхӏ-махӏги кьун, вахана ящикалъуве. Дир хӏалалъ гӏодобе цӏазабураб ящик, гӏор бакьулъе щвезегӏан, гъираялда цебехун ана. Гьелдаса хадуб эхедерай букӏана ва ящик кутакалда хьвагӏезе лъугьана. Маххул кварида квер базеян лъугьарав дихъа гӏурулъе бортун унеб букӏараб гӏарцул цӏураб сумка кквезе щвеялъул жакъаги гӏажаиблъи гьабула дица. Сумка бортун букӏарабани, гьелда хадув дунгоги гӏурулъе кӏанцӏизе кколаан. Сумкаги хӏатӏазда гьоркьоб лъун, дица хӏалбихьана ящик цебехун бачине, билълъинчӏо. Ящикалда букӏинчӏо гьеб цебехун цӏаялъе чара гьечӏого къваригӏунеб квар. Гьабизе жо тӏагӏарав дица, вахъунги чӏун, квераз ккуна маххул квар ва эхедераялда ящик цебехун дургъана. Жакъа гьаниб хъвараб гурони, дица лъиданиги бицунги букӏинчӏо гьеб ахӏвал-хӏалалдаса дунго хвасарлъиялъул хӏакъалъулъ.\nКъелесел руго ихтилат-кеп бокьулеб, сухӏмат-кечӏ хирияб, квана-гьекъезе лъалеб, дагӏба-рагӏи рихараб халкъ. Гьединлъидал гьезул бертин-туйги кидаго сверулаан унго-унгояб байрамалде. Гьезул кьурдаби руго гьидерил гӏадал, амма гьезулъ буго цо батӏияб берцинлъи, дангъва ва хаслъи. Гьединаб дангъваялда ва жигаралда кьурдулеб халкъ магӏарулазул батиларо. Гьебни щиб гурин, къелдерил бертабалъ чара гьечӏого букӏунаан, кибго гьечӏеб, рагӏичӏеб, сапа абулеб гӏолохъабазул спорталъулгун кьурдул къец. Жакъаги гьелъухъ урхъун, гӏащикълъун рукӏуна къелесел. Гьелда бихьизабураб чӏаголъиялде балагьун, жамагӏаталъ къимат кьолаан гӏолилазул яхӏалъе ва къохӏехьеялъе. Пайда щиб, бертабалъ гьекъолеб жо букӏунеб бугилан багьанаги батун, рухӏанияз къелдерил жамагӏат гьеб рохалилаб тадбиралдаса махӏрум гьабун буго. Тарихалде ана Дагъистаналда цӏар рагӏараб, хӏатта Россиялъул ва къватӏисел пачалихъазул халкъал хӏайран гьарураб къелдерил бертадул кьурдаби. Дица гьеб кӏудияб гъалатӏлъун рикӏкӏуна ва тӏадеги абила: къелдерил бертадул камилаб тадбир цӏи гьабизе кколин.\nКъелдерица дие лъабго соналъ чед кьуна, гьениб камиллъана учителасул махщел, цониги чияс тохаб рагӏи абичӏо. Кигӏан къваридаб букӏаниги, берцин бихьула дида гьайбатаб хасияталъул, сабураб гӏамалалъул, лъикӏлъиялъе гурони рагӏи бицунареб, къварилъи ккарасухъе рахӏмуялъул квер бегьизе хӏадурал, ккараб къо борхулел чагӏазул къелдерил кӏкӏал.\nГьал ракӏалдещвеязул анищаз цӏидасан вачана дун Къелеве. Пикрабалъ ва хьулазулъ дандчӏвана гьудул-гьалмагъзабигун, гьалбалгун ва цере рукӏарал ишцоялгун. Гьезул «щвабищ, гьобол» абун кьолеб саламалъулъ буго лъикӏлъигӏаданлъи, бачунеб кверазулъ буго хинлъи, балагьарал беразулъ – хӏеренлъи ва адаб. Гъира буго дир иргадал нужер щивасда къвал базе, нужергун махсара-хочӏалъул накъиталда вукӏине. Нужеца дие кьураб тӏагӏамалъухъ, гьабураб хӏурматалъухъ, къваригӏараб къоялъ кумекалъе бегьараб квералъухъ киназего кӏудияб баркала. Гьебго лъикӏлъиялда ва гӏаданлъигӏадатлъиялда даималъго таги къелдерил агьлу.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "16411-chachanal-gochinari-dag-istaniyaze-zaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16411-chachanal-gochinari-dag-istaniyaze-zaral", "title": "Чачанал гочинари-дагъистаниязе зарал", "date": "2022-03-11 11:26:52", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Цӏа боркьараб рагъул заманалда Дагъистаналъул халкъалъ раччизе ккана чачанал гочинариялъул захӏмалъи. Рагъде бихьиналги ун, рукъалъулги колхозазулги хӏалтӏи, свак кӏочон, макьу тун, гьабуна руччабаз. Гьезде тӏаде ккана чачанал гочинарун хадуб гьезул гъоркь хутӏараб магӏишат рукӏалиде бачиналъул хӏалтӏиги. Жиндир мунагьал чураяй Цӏиликьа Нажмудинова Марзиятица хвалда цересел моцӏаз гьадин бицунаан:\n«Дун гьаюна 1921 соналда, дир гӏумруялъул буго 96 сон. Нижеда бихьана ракъи, вабаалъул унти, рагъ, бихьинал рагъде ритӏун, рагъда чӏварал васазул, росабазул, вацазул, росуцоязул рухӏел. Рагъул заманалда рукъалъулги колхозалъулги захӏматал хӏалтӏаби гьаризе ккана. Рогьалил хъахӏлъи баралдаса рукӏкӏинегӏан свак, кӏвахӏ тун колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи гьабизе кколаан. Ихдалил къояз рекьана колхозалъул хурзал, риидал гьел чӏарана, рухъана, хасалихъе лъилъана, гулал къана, гӏарал гьаруна, лал тӏамуна, гьеб рехун, бацӏцӏун, къачӏан, бугӏаролъ складазде щвезабуна. Ихдал картошка бекьун, риидал бухъун, хасалихъе бахъун, донгахъе бана. Ниж хьвадана пачалихъалъул нухал гьаризе: Мелъелтӏаса Цӏиликье гурелги, Хӏарире, Кастӏанире, Кьохъе. Бакъукьги цӏадукьги хӏалтӏун, къаси регана бусен-къай гьечӏел нохъазул чӏарбида ва къватӏир.\nНиж ритӏана Октябрьский ва Дзержинский абулел, гӏатӏиракьалда ругел, каналал рахъизе. Гьенир кӏкӏарадаца цӏцӏуна, бакъул унтуца унтана. Гьел рагъул соназда щибаб лъагӏалида жаниб ичӏго-анцӏго «чӏегӏераб» кагъат бачӏунаан почтальонас росулъе, гӏолохъаби рагъда чӏванин, тӏагӏанин абун. 1941-1945-абилел соназда магӏу бадиса бакъварал къоялго рукӏинчӏо. Магӏарда хер бециги, гӏи-боцӏул хӏалтӏиги руччабазде ва росулъ хутӏарал херал бихьиназдегун гӏисинал лъималазде кколаан.\n1944 соналъул 23 февралалда чачанал гочинаруна Казахстаналде ва Гъиргъизиялде. Хадусел къоязда Гумбет районалъул росабалъ лъазабуна, чачанал гочун, гъоркь хутӏараб гьезул колхозазулги, жалго бетӏергьанаб букӏарабги гӏи-боцӏиги бугила къватӏахъ ва гӏалахазда хутӏун, хасалил квачги бугила, гьеб бакӏаризе рахъине кколин нужин абун. Рагъде бихьинал ун, гьадинги чи дагьлъараб росулъа рокъов цо чи гурони гьечӏел рокъор тана, кӏиголъабгоял ругезул цо-цо чи къватӏире рахъана чачаназул Ножаюрт районалде.\nКвачарал хасалил къоязда «Буцрахъ» къварилъухъан рачана Гъагъалъ росулъе. Гьезул колхозалъул кансиларалда сордоги базабуна, гьоболасул бакӏалде инегицин риччачӏого. Хадусеб къоялъул радалиса рахъун, «Ракьул гохӏ» абулеб щобдасан ана Ножаюрт районалъул Беной росулъе. Беноялда сордоги базабун, рачана Гелани росулъе. Радал Гелани росулъ данде ракӏарана Дагъистаналъул районазул росабалъа гьенире ритӏун рачӏарал. Солдатаз сверунги ккун, рохьахъ ругел хъачагъаздаса цӏунун рукӏана чачаназул росаби. Гьитӏинаб машинаялда рекӏун гьениве вачӏана Дагъистаналъул партиялъул обкомалъул бетӏер Гӏабдурахӏман Даниялов. Кинабго гьенибе бачӏараб халкъ бакӏарана Гелани росдал рагӏалда бугеб кӏудияб байданлъиялде.\nГьеб майданалде ракӏараразда Гӏабдурахӏман Данияловас абуна: «Чачан-ингушазул республикаялъул халкъ Сталиница гочинабуна, хӏукуматалде дандечӏей гьабун ва рохьахъ рахчун, хъачагълъи гьабун цогидал росабазул ва колхозазул гӏи-боцӏуе зарал гьабун течӏого. Гьел гочинарун, къватӏахъ, рохьахъ бихха-хочун хутӏараб колхозалъул ва жидерго букӏараб магӏишат данде бакӏаризе нилъеда тӏадкъан буго Сталиница. Дагьал къояздасан цогидал магӏарулазул росабалъа гӏадамалги гочун рачӏине руго гьазул росабалъе. Гьал февраль-март моцӏазул къоязда нужеца чачанал гочинарун арал росабазул гӏи-боцӏи гьазул колхозазул фермабазде бакӏаризе ккола. Гӏачи речӏчӏизе, гьезие рагӏи-хералъе, вехьлъи гьабизе кумекги гьабизе ккола. Чӏороголъун хутӏарал чачаназул росабалъ рукъзабахъ рега-рахъинги гьабе нужеца. Цо моцӏ гӏечӏеб заманалда гьанире гочун рачӏине руго гьазул росабазул магӏишат тӏаде босизе Дагъистаналъул росабалъа чагӏиги. Гьел рачӏинегӏан нужеца гьал росабазул магӏишаталъул тӏалабги гьабизе ккола», — ян.\nЦӏиликь ва Сивухъ росабалъа рачӏарал нижеда тӏадкъана Гелани росдал гӏи-боцӏи ва магӏишат бакӏариялъул иш. Солдатаз абулеб букӏана рохьахъ цӏодорго рукӏаян, гьенир хъачагъал ругин абун. Букӏаниги, рохьахъги мугӏруздаги кибего биххараб боцӏиги гӏиги бакӏарана фермабазде. Колхозалъул фермабазде аскӏобе баччана рагӏихерги. Заманалъе дояркаби, гӏухьби тун, гӏуцӏана колхоз. Лъикӏал фермабиги ратана Гелани росдал. Росулъги щивасул рокъоб щибго жо цадахъ инчӏого бугоан, бусен-къайи, цӏоросаролъил чӏепал, багӏаргьоло, пер, картошка, ханжу, цӏам.\nГелани магӏишат данде гьабун хадур ниж ритӏана Зандакъара, Датах, Беной, Гендерген, Чечилюз росабалъеги. Гелани гӏадаб гӏуцӏа-къай гьел росабалъ хутӏун батичӏо. Хъачагъаз талавурчилъи гьабун бугоан гьениб. Тӏадехун рехсарал чачаназул росабазул гӏи-боцӏи бакӏариялъе кумекги, рукъзабазе ва квен-тӏехалъе санагӏалъиги нижее ккелароан, Гумбет районалъул Сивухъ росдал гӏезегӏанго цӏаракиял, чачанал гьениса гочинарилалдего гьел росабалъе гочун, гъоркь ратичӏелани. Гумбет районалъул Сивухъ росулъа гьенире гочун чӏарал чагӏаз хинал рукъзалги кьуна нижее регизе, хинаб квенги кьуна щибаб ригьалда. Гьел росабазул фермаби ва цогидаб магӏишат нижеца данде бакӏаризегӏан, Сивухъ росдал цере гьенире гочарал чагӏаз кумек гьабуна кинабго гӏуцӏизе.\nНожаюрт районалъул гӏи-боцӏи, магӏишат данде бакӏарун лъугӏун хадуб ниж ургъана хадубккун щибдай нижеца гьабилаян. Гӏ. Данияловас Гелани майданалда гьабураб данделъиялда бицун букӏана, гьал росабазул гӏадлу лъугьиндал гьабизе бегьулеб жо: «Рагъде гӏолохъаби ун, нужерго магӏарухъ ругел росабалъ хӏалтӏул къуватги цӏакъ дагьлъун буго. Магӏарухъа Чачаналде гочине бокьичӏел магӏарул росабазул, гьанже гьанир ругел нуж, нужерго росабалъе тӏад руссинеги бегьила. Гьанир чӏезе бокьарал чагӏи ратани, гьанирго чӏезеги ихтияр буго», — абун. Цӏиликь росулъа гьанире рачӏун рукӏараз хӏукму гьабуна чачаназул росабалъ чӏечӏого рукӏине. Ниж тӏад руссана магӏарухъе. Сивухъ росулъа нижеда цадахъ гьенире ритӏун рукӏаразул гӏемерисел чӏана чачаназул росабалъго. Гьез абуна магӏарухъалдаса магӏишат гьабизе бигьаябги, гӏатӏилъиги бугеб ракь бихьулин чачаназул, гьаниб бакӏ-хӏал лъалел нижерго росдал гӏагарал гӏадамалги гъоркьгоги ругин, ниж гьанирго чӏелин абун. Цо чанго чи Сивухъ росулъа нижеда цадахъ магӏарухъе тӏадги вуссана. Тӏад руссун унез абулеб букӏана чияр, хӏалалаб гуреб ракьалда жал чӏеларин абун. Гумбет районалъул цогидал росабалъа цо-цо чагӏиги Чачаналъго чӏана.\n1944 соналъул февраль моцӏалъул ахиралда Цӏиликь росулъе вачӏун вукӏана районалда хӏалтӏулев Лъаратӏа росулъа Гӏалиев Хӏажи (кӏаркьен ссурав Хӏажиян абулаан гьесда). Гьес цӏилкьадерида абулеб букӏана Ножаюрт районалъул цо росулъе гочине кколин. Цӏиликь росдал гӏадамаз районалъул нухмалъулезе инкар гьабуна гочине. Цӏилкьадерица гочине инкар гьабидал, Гӏалиев Хӏажи ана Сивухъ росулъе Чачаналде гочиналъул суалгун данделъи гьабизе. 1944 соналъул март моцӏалда Сивухъ росдал жамагӏаталъ хӏукму гьабуна Чачаналде гочине. Гьезул росу гочана Зандакъараялде ва Гендергеналде. Гьезда цадахъ гочана Цӏиликь росулъа гӏадамазулги цо чанго цӏараки. Сивухъ росулъ Чачаналде гочине инкар гьабун гъоркь хутӏана 16 цӏараки. Дагьал сонал индал, Сивухъ хутӏараб 16 цӏаракиялда районалъул хӏакимзабаз лъазабуна, росу гочун иналдалъун Сивухъ росдал цӏар районалъ гьоркьоса бахъараб хӏукму гьабун бугин. Колода гӏадамал толареб законги бахъун бугин, нуж гочине кколин Цӏиликье, Мелъелтӏе, росдал советалги, школалги ругел росабалъеян абун. Сивухъ росдал гьенир хутӏун рукӏарал гочана цоял Чачаналде, цогидал батӏи-батӏиял росабалъе.\nРохьахъ чӏарал хъачагъазги толел рукӏинчӏо талавурчилъи гьабун. Чачаназул росабалъе ун, гьезул колхозал цӏигьарун гӏуцӏана нижеца. Гьединал захӏмалъаби раччана 1941-1945 рагъул соназда. Рагъда гьечӏониги, тылалда ругел росабазеги цӏакъ захӏмат букӏана доб заманалда. Хъутабазде нус-нус километралъ лъелго ун, ах, хур, рецаби гьаруна. Ихдал магӏарухъеги, хасалихъ хъутабаздеги, цӏадукьги, гӏазукьги гочинабуна колхозалъул гӏи. Хвелал гӏемер ккана, квачалъул унтиги ккана дол соназда. Бихьараб гӏакъубаялъул бицун бахъинаро. Гьанже бугеб гӏелалъе гӏатӏилъи гьабулаго, гӏемераб къварилъи, захӏмалъи бихьана нижеда».\nСулайман МУХӏАМАДНУРОВ, Гумбет район, Цӏиликь росу\nЧачанал тгочинари-дагъистаниязе зарал\nЦӏа боркьараб рагъул заманалда Дагъистаналъул халкъалъ раччизе ккана чачанал гочинариялъул захӏмалъи. Рагъде бихьиналги ун, рукъалъулги колхозазулги хӏалтӏи, свак кӏочон, макьу тун, гьабуна руччабаз. Гьезде тӏаде ккана чачанал гочинарун хадуб гьезул гъоркь хутӏараб магӏишат рукӏалиде бачиналъул хӏалтӏиги. Жиндир мунагьал чураяй Цӏиликьа Нажмудинова Марзиятица хвалда цересел моцӏаз гьадин бицунаан:\n«Дун гьаюна 1921 соналда, дир гӏумруялъул буго 96 сон. Нижеда бихьана ракъи, вабаалъул унти, рагъ, бихьинал рагъде ритӏун, рагъда чӏварал васазул, росабазул, вацазул, росуцоязул рухӏел. Рагъул заманалда рукъалъулги колхозалъулги захӏматал хӏалтӏаби гьаризе ккана. Рогьалил хъахӏлъи баралдаса рукӏкӏинегӏан свак, кӏвахӏ тун колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи гьабизе кколаан. Ихдалил къояз рекьана колхозалъул хурзал, риидал гьел чӏарана, рухъана, хасалихъе лъилъана, гулал къана, гӏарал гьаруна, лал тӏамуна, гьеб рехун, бацӏцӏун, къачӏан, бугӏаролъ складазде щвезабуна. Ихдал картошка бекьун, риидал бухъун, хасалихъе бахъун, донгахъе бана. Ниж хьвадана пачалихъалъул нухал гьаризе: Мелъелтӏаса Цӏиликье гурелги, Хӏарире, Кастӏанире, Кьохъе. Бакъукьги цӏадукьги хӏалтӏун, къаси регана бусен-къай гьечӏел нохъазул чӏарбида ва къватӏир.\nНиж ритӏана Октябрьский ва Дзержинский абулел, гӏатӏиракьалда ругел, каналал рахъизе. Гьенир кӏкӏарадаца цӏцӏуна, бакъул унтуца унтана. Гьел рагъул соназда щибаб лъагӏалида жаниб ичӏго-анцӏго «чӏегӏераб» кагъат бачӏунаан почтальонас росулъе, гӏолохъаби рагъда чӏванин, тӏагӏанин абун. 1941-1945-абилел соназда магӏу бадиса бакъварал къоялго рукӏинчӏо. Магӏарда хер бециги, гӏи-боцӏул хӏалтӏиги руччабазде ва росулъ хутӏарал херал бихьиназдегун гӏисинал лъималазде кколаан.\n1944 соналъул 23 февралалда чачанал гочинаруна Казахстаналде ва Гъиргъизиялде. Хадусел къоязда Гумбет районалъул росабалъ лъазабуна, чачанал гочун, гъоркь хутӏараб гьезул колхозазулги, жалго бетӏергьанаб букӏарабги гӏи-боцӏиги бугила къватӏахъ ва гӏалахазда хутӏун, хасалил квачги бугила, гьеб бакӏаризе рахъине кколин нужин абун. Рагъде бихьинал ун, гьадинги чи дагьлъараб росулъа рокъов цо чи гурони гьечӏел рокъор тана, кӏиголъабгоял ругезул цо-цо чи къватӏире рахъана чачаназул Ножаюрт районалде.\nКвачарал хасалил къоязда «Буцрахъ» къварилъухъан рачана Гъагъалъ росулъе. Гьезул колхозалъул кансиларалда сордоги базабуна, гьоболасул бакӏалде инегицин риччачӏого. Хадусеб къоялъул радалиса рахъун, «Ракьул гохӏ» абулеб щобдасан ана Ножаюрт районалъул Беной росулъе. Беноялда сордоги базабун, рачана Гелани росулъе. Радал Гелани росулъ данде ракӏарана Дагъистаналъул районазул росабалъа гьенире ритӏун рачӏарал. Солдатаз сверунги ккун, рохьахъ ругел хъачагъаздаса цӏунун рукӏана чачаназул росаби. Гьитӏинаб машинаялда рекӏун гьениве вачӏана Дагъистаналъул партиялъул обкомалъул бетӏер Гӏабдурахӏман Даниялов. Кинабго гьенибе бачӏараб халкъ бакӏарана Гелани росдал рагӏалда бугеб кӏудияб байданлъиялде.\nГьеб майданалде ракӏараразда Гӏабдурахӏман Данияловас абуна: «Чачан-ингушазул республикаялъул халкъ Сталиница гочинабуна, хӏукуматалде дандечӏей гьабун ва рохьахъ рахчун, хъачагълъи гьабун цогидал росабазул ва колхозазул гӏи-боцӏуе зарал гьабун течӏого. Гьел гочинарун, къватӏахъ, рохьахъ бихха-хочун хутӏараб колхозалъул ва жидерго букӏараб магӏишат данде бакӏаризе нилъеда тӏадкъан буго Сталиница. Дагьал къояздасан цогидал магӏарулазул росабалъа гӏадамалги гочун рачӏине руго гьазул росабалъе. Гьал февраль-март моцӏазул къоязда нужеца чачанал гочинарун арал росабазул гӏи-боцӏи гьазул колхозазул фермабазде бакӏаризе ккола. Гӏачи речӏчӏизе, гьезие рагӏи-хералъе, вехьлъи гьабизе кумекги гьабизе ккола. Чӏороголъун хутӏарал чачаназул росабалъ рукъзабахъ рега-рахъинги гьабе нужеца. Цо моцӏ гӏечӏеб заманалда гьанире гочун рачӏине руго гьазул росабазул магӏишат тӏаде босизе Дагъистаналъул росабалъа чагӏиги. Гьел рачӏинегӏан нужеца гьал росабазул магӏишаталъул тӏалабги гьабизе ккола», — ян.\nЦӏиликь ва Сивухъ росабалъа рачӏарал нижеда тӏадкъана Гелани росдал гӏи-боцӏи ва магӏишат бакӏариялъул иш. Солдатаз абулеб букӏана рохьахъ цӏодорго рукӏаян, гьенир хъачагъал ругин абун. Букӏаниги, рохьахъги мугӏруздаги кибего биххараб боцӏиги гӏиги бакӏарана фермабазде. Колхозалъул фермабазде аскӏобе баччана рагӏихерги. Заманалъе дояркаби, гӏухьби тун, гӏуцӏана колхоз. Лъикӏал фермабиги ратана Гелани росдал. Росулъги щивасул рокъоб щибго жо цадахъ инчӏого бугоан, бусен-къайи, цӏоросаролъил чӏепал, багӏаргьоло, пер, картошка, ханжу, цӏам.\nГелани магӏишат данде гьабун хадур ниж ритӏана Зандакъара, Датах, Беной, Гендерген, Чечилюз росабалъеги. Гелани гӏадаб гӏуцӏа-къай гьел росабалъ хутӏун батичӏо. Хъачагъаз талавурчилъи гьабун бугоан гьениб. Тӏадехун рехсарал чачаназул росабазул гӏи-боцӏи бакӏариялъе кумекги, рукъзабазе ва квен-тӏехалъе санагӏалъиги нижее ккелароан, Гумбет районалъул Сивухъ росдал гӏезегӏанго цӏаракиял, чачанал гьениса гочинарилалдего гьел росабалъе гочун, гъоркь ратичӏелани. Гумбет районалъул Сивухъ росулъа гьенире гочун чӏарал чагӏаз хинал рукъзалги кьуна нижее регизе, хинаб квенги кьуна щибаб ригьалда. Гьел росабазул фермаби ва цогидаб магӏишат нижеца данде бакӏаризегӏан, Сивухъ росдал цере гьенире гочарал чагӏаз кумек гьабуна кинабго гӏуцӏизе.\nНожаюрт районалъул гӏи-боцӏи, магӏишат данде бакӏарун лъугӏун хадуб ниж ургъана хадубккун щибдай нижеца гьабилаян. Гӏ. Данияловас Гелани майданалда гьабураб данделъиялда бицун букӏана, гьал росабазул гӏадлу лъугьиндал гьабизе бегьулеб жо: «Рагъде гӏолохъаби ун, нужерго магӏарухъ ругел росабалъ хӏалтӏул къуватги цӏакъ дагьлъун буго. Магӏарухъа Чачаналде гочине бокьичӏел магӏарул росабазул, гьанже гьанир ругел нуж, нужерго росабалъе тӏад руссинеги бегьила. Гьанир чӏезе бокьарал чагӏи ратани, гьанирго чӏезеги ихтияр буго», — абун. Цӏиликь росулъа гьанире рачӏун рукӏараз хӏукму гьабуна чачаназул росабалъ чӏечӏого рукӏине. Ниж тӏад руссана магӏарухъе. Сивухъ росулъа нижеда цадахъ гьенире ритӏун рукӏаразул гӏемерисел чӏана чачаназул росабалъго. Гьез абуна магӏарухъалдаса магӏишат гьабизе бигьаябги, гӏатӏилъиги бугеб ракь бихьулин чачаназул, гьаниб бакӏ-хӏал лъалел нижерго росдал гӏагарал гӏадамалги гъоркьгоги ругин, ниж гьанирго чӏелин абун. Цо чанго чи Сивухъ росулъа нижеда цадахъ магӏарухъе тӏадги вуссана. Тӏад руссун унез абулеб букӏана чияр, хӏалалаб гуреб ракьалда жал чӏеларин абун. Гумбет районалъул цогидал росабалъа цо-цо чагӏиги Чачаналъго чӏана.\n1944 соналъул февраль моцӏалъул ахиралда Цӏиликь росулъе вачӏун вукӏана районалда хӏалтӏулев Лъаратӏа росулъа Гӏалиев Хӏажи (кӏаркьен ссурав Хӏажиян абулаан гьесда). Гьес цӏилкьадерида абулеб букӏана Ножаюрт районалъул цо росулъе гочине кколин. Цӏиликь росдал гӏадамаз районалъул нухмалъулезе инкар гьабуна гочине. Цӏилкьадерица гочине инкар гьабидал, Гӏалиев Хӏажи ана Сивухъ росулъе Чачаналде гочиналъул суалгун данделъи гьабизе. 1944 соналъул март моцӏалда Сивухъ росдал жамагӏаталъ хӏукму гьабуна Чачаналде гочине. Гьезул росу гочана Зандакъараялде ва Гендергеналде. Гьезда цадахъ гочана Цӏиликь росулъа гӏадамазулги цо чанго цӏараки. Сивухъ росулъ Чачаналде гочине инкар гьабун гъоркь хутӏана 16 цӏараки. Дагьал сонал индал, Сивухъ хутӏараб 16 цӏаракиялда районалъул хӏакимзабаз лъазабуна, росу гочун иналдалъун Сивухъ росдал цӏар районалъ гьоркьоса бахъараб хӏукму гьабун бугин. Колода гӏадамал толареб законги бахъун бугин, нуж гочине кколин Цӏиликье, Мелъелтӏе, росдал советалги, школалги ругел росабалъеян абун. Сивухъ росдал гьенир хутӏун рукӏарал гочана цоял Чачаналде, цогидал батӏи-батӏиял росабалъе.\nРохьахъ чӏарал хъачагъазги толел рукӏинчӏо талавурчилъи гьабун. Чачаназул росабалъе ун, гьезул колхозал цӏигьарун гӏуцӏана нижеца. Гьединал захӏмалъаби раччана 1941-1945 рагъул соназда. Рагъда гьечӏониги, тылалда ругел росабазеги цӏакъ захӏмат букӏана доб заманалда. Хъутабазде нус-нус километралъ лъелго ун, ах, хур, рецаби гьаруна. Ихдал магӏарухъеги, хасалихъ хъутабаздеги, цӏадукьги, гӏазукьги гочинабуна колхозалъул гӏи. Хвелал гӏемер ккана, квачалъул унтиги ккана дол соназда. Бихьараб гӏакъубаялъул бицун бахъинаро. Гьанже бугеб гӏелалъе гӏатӏилъи гьабулаго, гӏемераб къварилъи, захӏмалъи бихьана нижеда».\nСулайман МУХӏАМАДНУРОВ, Гумбет район, Цӏиликь росу"}
{"slug": "16412-kvachaldasa-akhal-tsiunize-kiola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16412-kvachaldasa-akhal-tsiunize-kiola", "title": "Квачалдаса ахал цӏунизе кӏола", "date": "2022-03-11 12:13:24", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Хьаргаби районалъул Курми росулъа Исрапилов Ахӏмадица хъвалеб буго: «Ихдалил квачалъ тӏегь хвезабиялдалъун, щибаб соналъ нижер районалъул ахихъанлъиялъе зарал ккола, хасго ахбазан ва микьир гӏезабулел магӏишатазе. Гӏалимзабаздаги специалистаздаги цӏехон, квачалдаса ахал цӏунизе кколеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталда» хъвани, гӏемерав чиясе гьелъул пайда букӏина», — ян.\nИхдалил цӏороялдаса пихъил гъутӏби цӏунизе бегьулел къагӏидабазул хӏакъалъулъ гьадин бицана Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул университеталъул кафедраялъул заведующий, росдал магӏишаталъул гӏелмабазул доктор, ДРялъул гӏелмуялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, профессор Марат Караевас:\n— Гъутӏби тӏегьалеб гӏужалда, ай ихдалил ахиралда ккараб цӏороялъул ункъо градусалъул квачалъ пихъил гъутӏбузул тӏегь хвезабула. Гъутӏбузул тӏегь квачалдаса цӏуниялъе бищунго лъикӏаб хӏасил кьолеллъун рикӏкӏуна хадусел къагӏидаби: цӏад базаби, кӏкӏуй бахъинаби, гьединго, кодобе щвараб жо пихъил гъутӏбузда тӏад бай. Бищунго гӏадатияблъун рикӏкӏуна цӏорораб лъеца гъутӏби лъалъай (тӏолабго гъветӏ).\n1,65-2,2 градусалъул квачалъ хвезабула гӏечул тӏегь, 1,65-2,2 градусалъул квачалъ – генул, 1,1-2,2 квачалъ – багӏлидул, 0,5-2,75 квачалъ – ахбазаналъул, 1,1-3,85 квачалъ – мокьрол тӏегь.\n— Марат, квач ккезе букӏин кинха лъазе кӏолеб?\n— Кидаго гуро битӏун букӏунеб радио-телевизоралдасан цебеккунго лъазабураб гьава-бакъалъул хисабаси, щибаб районалъе гьеб цогояб букӏунаро.\nУнго-унгояв ахихъанасда лъала бачӏунеб сордоялъ цӏорой ккезехъин букӏин ва жиндир заманалда цӏодорлъи гьабула.\nКъокъабго заманалъул квач тӏаде щолеб букӏин бицуна хадусел гӏаламатаз:\nБагӏарараб бакъул къойил ахиралда хехаб цӏорой ккеялъ.\nГьури гьечӏеб, цӏакъ сасараб гьа- ва-бакъалъ.\nНакӏкӏ гьечӏолъиялъ ва гвангъарал цӏвабзаз.\nМаркӏачӏуда руцӏцӏун чӏарал хӏанчӏаз ва къуркъбуз.\nГьавадул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъ. Квачалдаса ах (тӏегь) цӏуниялъе, аслияб куцалда, пайда босула ункъо батӏияб къагӏидаялдаса.\n— Ахикь кӏкӏуй кин базе кколеб?\n— Ункъо градусалдаса гъоркье къаси цӏорой кколеб бугони, ах цӏунизе бегьула кӏкӏуй базабиялдалъун. Кӏкӏуй базе байбихьула 0 градусалдаса гӏодобе цӏорой иналде ва гьеб къотӏизабула бакъ баккаралдаса цо-кӏиго сагӏат ун хадуб.\nЦебеккунго хӏадурула цӏул, данде бакӏарараб цӏикӏкӏун кӏкӏуй бахъинабулеб цӏатариялъул (сум, чӏахӏхер, гӏаркьалаби, тӏамах ва гь. ц.) гьарула гохӏал. Ахил щибаб сотыхалъе хӏажалъула цо гохӏ, гьебги букӏине ккола участокалъул гьури пулеб рахъалда. Ахихъанасул иш гуро цӏаялъ ах хинлъизаби, гьесул аслияб масъала ккола бакӏаб гӏодобкӏкӏуялъ ах цӏезаби. Кӏочене бегьуларо, бищун цӏикӏкӏараб квач дунял рогьунеб гӏужалъ букӏунеблъи, гьединлъидал ахихъан кьижизе бегьуларо, гьес сордоялда жаниб цо чанго нухалъ кӏкӏуйдул гохӏазде цӏатари базе ккола.\nГьединго, ричулел рукӏуна кӏкӏуйдул шашкаби, гьезул кӏкӏуялъ гъутӏбузда тӏад чӏвала парафиналъул тӏеренаб гъат. Гьелъул хӏасилалда тӏегьалел гъутӏбузда хӏехьезе кӏола ункъо градусалъул квач.\nГьедин цӏунулаан нилъер уму- музги ахал, щаялиго жакъа гьеб къагӏида къанагӏатги хӏалтӏизабулеб гьечӏо. Гьединго умумуз пайдаяб- лъун рикӏкӏунаан гъутӏбузул рох- таби гачица релъин, рохтаби све- рун гӏазул гохӏал гьари ва цӏорораб лъеца гъутӏби лъалъай. Гьез гъутӏби кватӏун гурони ригьине, рорчӏизе риччаларо.\nКъокъаб заманалъул квачалдаса цӏуниялъе, кӏкӏуялдаса гуреб, пайда босула гъутӏбузде цӏад базабиялдасаги. Амма гьелъие чара гьечӏеблъун ккола цӏорой ккелалде 5-6 сагӏаталъ цебе цӏад базаби. Къаси заманалда 0 градусалдаса гъоркье цӏорой ине байбихьидал, гъутӏбузде пунхъула лъим ва гьеб иш лъабго-ункъо нухалъниги такрар гьабула. Гъутӏбузда тӏадчӏвала тӏеренаб цӏорол гъат, гьелъ гъутӏби цӏунула анцӏго градусалъул цӏороялдаса.\nЦӏад базабизе рес гьечӏони, бакъул хинлъи букӏаго, гъутӏбузул рохтабазда сверун ругел гвендал лъикӏ лъалъала ва пленкаялъ рахчула. Квач ккелалде цебе пленка тӏаса рехула, ва гьениса къватӏибе бачӏунеб лъел хӏухьелалъ тӏегь цӏунула.\n— Квачалдаса цӏуниялъе гъутӏбузда тӏад ххам базе бегьулищ?\n— Чорхокъал (2-2,5 м) гъутӏби цӏороялъукьа цӏунизе бегьула хӏебет, пленка ва цоги бокьараб жоги тӏад бан. Хинаб къоялъ гъотӏол каралда тӏад бала, масала, хӏебет ва гьеб рохтиялда щула гьабула. Гьеб къагӏидаялъ рес кьола щуго градусалъул квачалдаса тӏегь цӏунизе. Чӏахӏиял гъутӏбузе гьеб къагӏида данде кколаро.\n— Гьеб мурадалда удобрениял хӏалтӏизарулищ?\n— Гъутӏбузул кьалбал тун къватӏибехун бакӏ (кар) цӏорой ккелалде сордо-къоялъ цебе фосфоралъулгун калиялъул удобренияз беэн гьабуни, тӏегьалъ хӏехьола кӏиго градусалъул цӏорой. Гьеб мурадалда жуба-гъу- базабураб лъамалъи хӏадурула ха- дусеб къагӏидаялда: удобрениялъул 50 граммалде тӏаде тӏола цо литр бухӏараб лъел ва тола лъабго-ункъо сагӏаталъ, цӏвила ва лъел анцӏго литргун жубазабила. Гьеб лъамалъиялда гъорлъ билъинабула калиялъул селитраялъул 20 грамм ва пунхъула гъутӏбузде.\n— Квачалдаса ахал цӏунулел дараби рукӏунищ?\n— «Гъветӏ-хералъул антифриз» ккола: Мивал-Агро, Марс-EL, Анти- стресс, Cropaid, Thiofer ва Эпин-экс- тра. Гьездаса пайда боси рикӏкӏуна цӏороялдаса ахал цӏуниялъул цӏияб къагӏида. Гьел дарабаз, лъим хӏухьладе сверунгутӏизе, хӏубазда, тӏанхазда, тӏугьдузда тӏад лъугьинабула тӏеренаб гъат яги, гъотӏолъе лъугьун, гьез клеткабазулъ цӏикӏкӏинабула чакрил къадар.\n— Квач хӏехьолел тайпабазул пихъил гъутӏби рукӏунищ?\n— Ах гӏезабулеб бакӏалда букӏунеб гьава-бакъалъул хӏисаб гьабун гурони, росизе бегьуларо чӏезе гӏезарурал гъутӏби, гьелги чара гьечӏого – питомниказдаса.\n— Къватӏисел улкабазда ругищ батӏиял къагӏидаби?\n— Чӏахӏиял ахал квачалъукьа цӏунизелъун Испаниялдаги Италиялдаги, чӏахӏиял вентиляторалги лъун, цоцалъ журазарула ахалда тӏад ва гъоркь ругел гьавадул гъатал. Цоги, пихъил гъутӏбузде пунхъула кватӏун гурони тӏегь борчӏизе (рагьизе) биччаларел дараби.\n— Нилъер республикаялъул ахихъабазги ахихъанлъиялъул магӏишатазги пайдаго босулищ тӏадехун рехсарал къагӏидабаздаса?\n— Цӏакъ къанагӏатго гурони босуларо. Аслияб къагӏидаялда нилъер ахихъабаз балагьула квач хӏехьолел ва кватӏун гурони тӏегьаларел гъутӏбузул тайпаби.\nТӏадехун рехсарал киналго къагӏидабаздалъун ахикь хинаб гьава тӏибитӏизабула ва тӏугьдул квачалдаса цӏунула. Гьебги хӏисабалде босун, дица профессорасулгун дандбана гьадинаб пикру: минаялда цере ругел чорхокъал пихъил гъутӏби квачалдаса цӏуниялъе хӏалтӏизабизе бегьулеб къагӏида. Гъотӏол карул ахада лъола гургинккараб картӏахараб махх, гьелда гъоркь рекъезабула токалъул чирахъ. Квач цӏикӏкӏиналда хӏинкъи бугеб сордоялъ бакула чирахъ. Гьелъ хинлъизабураб гьава гъотӏол каралда гьоркьоб тӏибитӏула ва тӏегь квачалдаса цӏунула.\nПрофессорас гьеб къагӏида рикӏкӏана пайдаяблъун ва хӏалбихьизе кколеблъун, гьединго гьес бицана цоги батӏияб къагӏидаялъулги: «Германиялъул ахихъабаз квачалдаса цӏибил цӏуниялъе щибаб кьералда чӏван рукӏуна «Т» гӏадал тӏасан картӏал рорлъарал трубаби, квач кьабиялда хӏинкъи бугони, гьезда газ бакула».\nНури Нуриев"}
{"slug": "16496-skfoyalda-khiink-i-gechiol-i-chiezabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16496-skfoyalda-khiink-i-gechiol-i-chiezabi", "title": "СКФОялда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезаби", "date": "2022-03-17 09:01:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов гӏахьаллъана Северияб Кавказалда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ гьал къоязда Грозный шагьаралда тӏобитӏараб кӏудияб данделъиялда.\nГьедин хъвалеб буго республикаялъул бетӏерасул официалияб сайталда.\nХӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ РФялъул Советалъул секретарь Николай Патрушевасул нухмалъиялда гъоркь араб гьеб данделъиялда рукӏана Оборонаялъул, Сахлъи цӏуниялъул министерствабазул, МВДялъул, МЧСалъул, Генералияб прокуратураялъул, регионазул ва жеги анцӏ-анцӏ батӏиял идарабазул нухмалъулел.\nГьез гьоркьор лъурал суалал рукӏана динияб экстремизмалда, терроризмалда, гьабсагӏаталда Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб операциялда хурхарал.\nБицен гьабуна нагагьлъун бомбаби рехун яги радиациялъул зарал цӏикӏкӏани, халкъ бахчизабизелъун хӏадурарал бакӏазулги.\nСКФОялда бугеб гьединаб 2 400 бакӏалъул 36 процент хӏадур гьабун рагӏула гьабсагӏат гьединаб хӏажалъи ккани."}
{"slug": "16497-nizhgi-khiadur-rugo-vatian-tsiunize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16497-nizhgi-khiadur-rugo-vatian-tsiunize", "title": "«Нижги хӏадур руго ватӏан цӏунизе»", "date": "2022-03-17 09:04:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр ккола Гӏахьвахъ районалъул Цӏолода росулъа Сайгид Билалов. Щуабилеб марталда гьесги гьесул кӏиявго васасги хитӏаб гьабуна рехсараб шагьаралъул рагъулаб комиссариаталде.\n«Украинаялда хасаб операция тӏобитӏулеб бугеб заманалда дун, Билалов Сайгид Лабазанович, ва дир васал – Билалов Евгений Сайгидович ва Билалов Шамил Сайгидович – хӏадур руго вацлъиялъулаб халкъалъул эркенлъиялъе гӏоло ДНРалъулги ЛНРалъулги ракьазда тӏобитӏулеб бугеб хасаб операциялда гӏахьаллъизе. Жакъа щун буго щивас, рагӏудалъун гуреб – чӏванкъотӏараб ишалдалъун – гражданияб ва патриотияб борч тӏубазе кколеб заман. Нилъер улка хӏажатаблъун ккана гӏурус халкъалъул геноцидги 2014 соналдаго неонацистаз Украинаялда бекьараб питнаги къотӏизабизе.\nДица ва дир васаз кӏудияб борчлъунги, къадрулъунги ва яхӏ-намус цӏунилъунги рикӏкӏуна ватӏаналъе хъулухъ гьаби.\n1986-1988 соназда дица рагъулаб хъулухъ гьабуна рагъулабгун ралъдал флоталда. Дир кӏудияв вас Евгений Билаловас 2009-2010 соназда хъулухъ гьабуна десантниказул 247-абилеб полкалда, гьоркьохъев вас Шамил Сайгидовичас тӏубана 18 сон ва гьев ккола техникумалда цӏалулев вугев призывник. Жакъа ниж хӏадурал руго Россиялъулги халкъалъулги мурадал цӏуниялъе гӏоло аскариязул мухъилъ эхетизе ва гражданиябгун патриотияб борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазе. Нижеца рагӏи кьола тӏадкъарал рагъулал масъалаби ракӏбацӏцӏадго тӏуразе», — ян хъван буго Билаловазул хитӏабалда.\nИнформалатазул вакилзабазда гьадин бицана С. Билаловас: «Кӏиабилеб марталда дун тӏад вуссана отпускалдаса. Васазда дандбана гьеб суал ва хӏукму гьабуна. Дун вуго патриот, шагьаралъул бетӏер, дун вукӏине ккола тӏолалго шагьаралъулазе мисаллъун. Дир пикруялда рекъон, гьадинаб ахӏвал-хӏалалда гӏадамал къватӏире рахъине ккола, цогидаз рачӏаян ахӏизегӏан чӏечӏого, ай жидеего бокьун, зулму гьабичӏого ва сундуе гӏоло кинабго байбихьун бугебалиги бичӏчӏун. Дица хъулухъ гьабуна ВМФалда, кӏудияв вас вукӏана спецназалда, гьитӏинас бана 18 сон ва гьесиеги цӏакъ бокьун буго армиялде ине. Батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, рагъулаб хъулухъалдаса инкар гьаби хасиятаб гьечӏо нижер хъизамалъе. Дица гӏарза военкомасухъе кьуна ва жавабалъухъ балагьун руго», — ан.\nГьал къоязда С. Билаловас социалиял гьиназдасан бихьизабуна Алапаевскалъул военкоматалдаса 11 марталда бачӏараб жавабги. Рагъулав комиссар Руслан Петруковичас гъулбасараб жавабалда гьадин хъвалеб буго: «ДНРалъулги ЛНРалъулги ракьазда унеб бугеб хасаб операциялда гӏахьаллъизе ритӏеян абун, Алапаевск шагьаралъулги Свердловск областалъул Алапаевск районалъулги рагъулаб комиссариаталде дуца гьабураб хитӏабалъул хал гьабуна. Бичӏчӏула ва къимат гьабула гражданиябгун патриотияб борч тӏубазабизе нужер бугеб гъираялъул; ракӏчӏараб буго церелъурал масъалаби нужеца къадруялда ва ракӏбацӏцӏадго тӏуразаризе рукӏиналда.\nНагагьлъун хасаб операциялда гӏахьаллъизе гӏадамал ахӏеян абураб буюрухъ рагъулаб комиссариаталде бачӏани, духъеги дур васазухъеги баян битӏила», — ян.\nБилаловас бичӏчӏизабулеб буго рихьдае гьабураб хитӏаб жиндир гуреблъи. «Дун гьитӏинго куцана ватӏан бокьизе, гьелде ккараб къо борхизе кколеблъи бессизабун буго нижер бидулъ. Жакъа, хасаб операция тӏобитӏиялда бан, Россиялде рещтӏараб балагьалде тӏаде чӏехьолеб буго информациялъулал «кьалул гумпарабиги». Гьелде данде къеркьезеги къуват гӏезе ккола нилъер», — ан хъвалеб буго Сайгидица."}
{"slug": "16498-pachalikh-al-bachina-gaz", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16498-pachalikh-al-bachina-gaz", "title": "Пачалихъалъ бачина газ", "date": "2022-03-17 09:07:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул нухмалъиялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана республикаялда газ бачиналъул хӏалтӏи щиб даражаялде щун бу- гебали.\nПрезидент Владимир Путинидаса байбихьун гьеб суалалде кӏвар кьолеб ва гьелда хурхун гӏуцӏараб хасаб программаги бугин абуна гьениб. Амма гьедин букӏаниги, газ бачинчӏого республикаялда хутӏун буго 11 район.\nМеликовасул рагӏабазда рекъон, планалда бихьизабухъе, исана лъагӏалил ахиралде газ бачине ккола гӏадамаз жаниб гӏумру гьабулеб 2 100 минаялъубе. Жидехъе газ бачеян гӏадамаз МФЦязде, росабазул, шагьаразул администрациязде кьурал гӏарзабазул къадарги 1 843-ялде бахун буго.\nГьелдаго цадахъ руго гьеб газ бачине цебеккунго хӏалтӏи байбихьун букӏарал бакӏалги. Гьеб бачине ккола 23 333 минаялъубе. Гьелда тӏад харж гьабизе буго 3, 7 млрд гъурущ.\nДРялъул захӏматалъулгун социалияб рахъалъ цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовас бицана цо-цо чагӏазе пачалихъалъ бецӏулин минаялда жанибе газалъул чагӏаз гьабулеб хӏалтӏухъ (ракьулъан газалъул рогӏрал рачаралъухъ, рокъор газалъул алатал рекъезаруралъухъ) унеб гӏарац. Гьел ккола Кӏудияб Ватӏанияб рагъулгун тылалъул ветеранал, къороллъуда хутӏарал гьезул лъудби, лъимерлъуда концлагеразде ккарал гӏадамал, тӏоцебесеб группаялъул инвалидал, моцӏрое щолеб хайир рукӏа-рахъиналъе хӏалтӏизабулеб гӏарцудасаги дагьал хъизамазда сакъатал лъимал ругел чагӏи, лъимал гӏемерал хъизамал.\nГьезие гӏарац биччала республикаялъул бюджеталдаса.\nГьединго документал гьечӏел минаби гӏемерлъиялъги квалквал кколеб буго газ бачиналъе. Росреестралъул сияхӏалде гьел росизе документал электроннияб къагӏидаялдаги кьезе бегьулин бицана Росреестралъул нухмалъулев Арсен Пирмухӏамадовас. Жидеца гьанже бигьалъизабун бугин гьел щолеб къагӏидаянги абуна гьес.\nРеспубликаялда гӏезегӏан хӏалтӏи гьабун буго газалъул рогӏразул магӏишат рукӏалиде ккезабиялъе. Рогӏрал лъил (кинаб идараялъул) бетӏергьанлъиялде кколелалиги лъазабун, жакъа къоялде анлъазарго километралъул манзилалда лъурал газалъул рогӏразул сияхӏ гьабун буго Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялъ."}
{"slug": "16499-1-mlrd-520-mln-tiasa-k-otiize-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16499-1-mlrd-520-mln-tiasa-k-otiize-bugo", "title": "1 млрд 520 млн тӏаса къотӏизе буго", "date": "2022-03-17 09:09:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Экономика цебетӏеялъул рахъалъ республикаялда гӏуцӏараб оперативияб штабалда кӏалъалаго, финансазул министр Юнус Сагӏадуевасда лъикӏаблъун бихьана пачалихъиял идарабазе бюджеталдасан биччараб гӏарац тӏаса къотӏизе.\nГьедин гьабуни, масала, Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министерствоялдаса нахъе инехъин буго 977 млн гъурущ, Спорталъул министерствоялдаса – 82 млн, МЧСалдаса – 50 млн, Культураялъул министерствоялдаса – 26 млн гъурущ.\nГьединго судалъул хӏукмаби тӏуразе бихьизабураб гӏарцудаса къотӏизехъин буго 280 млн гъурущ.\nСагӏадуевас гьединаб пикру загьир гьабунин рагӏидал, интернеталдасан хъвадарулел нилъер ракьцояз абулеб букӏана цоцазул хӏалтӏи такрар гьабулел министерствабазул хъулухъчагӏиги гӏезегӏан ругила, гьелги хӏалтӏудаса нахъе ритӏаниги бегьилин абун."}
{"slug": "16500-dag-istanal-ul-starostabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16500-dag-istanal-ul-starostabi", "title": "Дагъистаналъул старостаби", "date": "2022-03-17 09:11:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана старостабазул хӏакъалъулъ бахъараб республикаялъул законалъул проект («Об отдельных вопросах деятельности сельских старост в Республике Дагестан»).\nСтаростаясул хъулухъ Россиялъул цогидал регионазда билълъанхъизабулелдаса гӏезегӏан сонал ругониги, республикаялда гьелъул хӏакъалъулъ бицине байбихьана росабазул администрациял къаялда хурхун закон къабул гьабизе лъугьиндал. Администрациялги къан, территориалиял отделал гӏуцӏарал росабалъ власталдаги халкъалдаги гьоркьов тезе хасав чи хӏисабалда, староста тезе ккеялъул буго бицен.\nПарламенталъул комитеталъул председатель Артур Исрапиловас нухда бачараб данделъиялда гӏахьаллъана гӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, журналисталги. Проекталда тӏасан жидерго пикраби загьир гьаруна тарихиял гӏелмабазул доктор Гӏабдулкъадир Гӏумаровас, гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас, юридикиял гӏелмабазул кандидат Шарапудин Рашидовас, ДГУялъул кафедраялъул доцент, юридикиял гӏелмабазул кандидат Заира Мусалаевалъ ва цогидаз.\nМасала, гьениб аслияб бахӏс ккана Дагъистаналъул шартӏазда старостаясул хъулухъалда цӏар кинаб телеб абураб суалалда тӏасан. З. Ильясовас абуна федералияб законалъ рес кьун бугин гьеб хъулухъалда цӏар щибаб субъекталъ жидеего бокьухъе лъезе, гьединлъидал щибаб росулъ гӏадатлъун билълъухъе абизе бегьилин бегавул, юзбаши, къади, росдал гӏел ва гь. ц.\nРехсараб законалъул проекталда хъвавухъе, старостаясе кьезе буго хасаб удостоверение. Гьединго материалияб рахъалъ гьесие гьарулел цо-цо бигьалъаби рарал рукӏина бакӏалъул администрациялъ къабул гьабулеб уставалда.\nЦебеккун абуни бицен букӏана староста чӏового хӏалтӏизавизе рагӏулин абун.\nСтаростаясул хъулухъалде кандидатура лъола пуланав чияс жинцаго, яги гьев вихьизавула муниципалияб гӏуцӏиялъ, ялъуни анцӏгоялдаса дагь гьечӏеб къадаралъул гӏадамаз.\nСтаростабилъун тезе бегьуларо пачалихъияб, гражданиябгун пачалихъияб, гьединго муниципалияб хъулухъазда ругел ва тамихӏалде цӏарал чагӏи."}
{"slug": "16501-importal-ul-bakialda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16501-importal-ul-bakialda", "title": "Импорталъул бакӏалда", "date": "2022-03-17 09:12:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Къватӏисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хӏасилалда дагьлъулеб буго нилъехъе бачӏунеб къайи. Гьединлъидал нилъерго гьа- ниб гьабун бажарулеб къайи хӏадуризе ургъулел руго цо-цо махщелчагӏи.\nГьеб мурадалъ батила, гьал къоязда республикаялъул хьитазул устарзабазул ассоциациялъул вакилзабигун дандчӏвана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Масала, тумазул устарзабаз гьарулел хьитал бищун церетӏурал италиялъулаздасаги къурал рукӏунаро.\nГьединго министрас устарза базда бицана, гьабсагӏаталда ул каялда лъугьараб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, гьезул проектазе гӏарац биччазе бугин промышленность цебетӏезабизелъун гӏуцӏараб фондалъ."}
{"slug": "16502-tsiatari-uchuz-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16502-tsiatari-uchuz-gabe", "title": "«Цӏатари учуз гьабе!»", "date": "2022-03-17 09:14:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "14 марталда ДРялъул хӏукуматалъул премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас АЗСазул бетӏергьабазда лъазабуна цӏатариялъухъ босулеб багьа учуз гьабеян. Щайгурелъул тӏолабго улкаялдаго гӏодобе кколеб букӏун гьелъул багьа.\nГьединаб лъазаби гьес гьабуна экономика цебетӏеялъул рахъалъ ре спубликаялда гӏуцӏараб оперативияб штабалда. Цинги энергетикаялъулгун тарифазул министрасе тӏадкъай кьуна республикаялда киса-кирго цӏатариялъул багьаби кинал ругелали хал гьабеян.\nГьанже Россиялъе санкциял лъазарун хадуб, цогидаб къайиго гӏадин, цӏатариги къватӏибе бичизе бажаруларо, гьединлъидал гьеб учузлъичӏого рес гьечӏо.\nЦӏиял харбал хӏадур гьаруна З. Хӏажиевалъ."}
{"slug": "16505-donbassal-e-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16505-donbassal-e-kumek", "title": "Донбассалъе кумек", "date": "2022-03-17 09:21:21", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "14 марталда республикаялдаса кванил нигӏматазулги рукӏа-рахъиналъе къваригӏунеб гӏиси-бикъинаб къайиялъулги 80 тонна битӏана гьабсагӏаталда Крымалде гочун рачӏарал Донбассалъул гӏадамазе.\nДРялъул хӏукуматалъул премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана гьеб къайи (хасго ханжу, чакар, чед, консервал) бакӏаранин республикаялъул рос дал магӏишаталъул хӏалтӏухъабаз. Дагъистаналъ хадубккунги гьабизе бугин Донбассалъул чагӏазе гьеди наб кумек.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатазги разилъи кьуна цо къоялъ хӏалтӏун щолеб мухь гьезие битӏизе."}
{"slug": "16506-khiral-ichieb-zhogo-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16506-khiral-ichieb-zhogo-gechio", "title": "Хиралъичӏеб жого гьечӏо", "date": "2022-03-17 09:22:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "16 марталда ДРялъул Росдал магӏишаталъул министр Батӏал Батӏалов, багьабазул ахӏвал-хӏал цӏехон, щвана республикаялъул ква- нил нигӏматазул базаразде. Гӏаммаб куцалда цо-цо нигӏматал хира лъун ратана. Мисалалъе, багьа бахун буго чакаралъул, семечкадул на- хул, ролъул ва гьел гурел цогидалги нигӏматазул. Амма ахираб кӏиго къоялда жаниб багьаби дагьалъго гӏодоре кканинги бицана министер- ствоялъ кьураб баяналда.\nГьединго хисичӏого чӏун буго гьанал багьаги. Хиралъун буго чадил буханкадул багьа. 32 гъурщиде бахун буго гьеб.\nУкраинаялда хасаб операция тӏобитӏизе байбихьаралдаса ва гьеб сабаблъун Бакътӏерхьул пачалихъаз Россиялде санкциязул гьужум гьабизе лъугьаралдаса нахъе улкаялда ва гьелдаго цадахъ республикаялдаги кванил нигӏматазул багьаби рахине байбихьана. Цохӏо кванил нигӏматал гурелги хиралъун руго. Амма аслияб куцалда гӏадамазул рахӏат хвезабун буго кунеб жо хиралъун букӏиналъ.\nМисалалъе гьадин бицана нижее Махӏачхъалаялъул автостанциялда аскӏоб бугеб «Цӏумадисезул» абулеб базаралда хӏалтӏулев Мухӏамадица.\n— Хиралъичӏеб жого гьечӏо. Гьекъолеб лъедаса байбихьун, пихъиде гӏунтӏун. Гьуинлъи цӏакъго хиралъун бугин абизе бегьула. Москваялда ругел, нижер гьанибе къайи битӏулел фирмаби, багьабазул иш рукӏалиде бачӏинегӏан хӏалтӏиги чӏезе тун руго. Бищунго цӏакъ хиралъун буго семечкадул нах. Гьелъул цо шишаялъул бищун гӏодобегӏанаб багьа буго 130 гъурущ. 150 гъурщиде бугел бакӏалги руго. Ахираб анкьалда жаниб хиралъана чипсал, лъималазе росулел киндер-сюрпризал, къокъго абуни, Европаялъул пачалихъаздаса гьанибе бачӏунеб букӏанщинаб гьуинлъи.\nХӏатта абулеб буго «Марсалгун» «Сникерсал» Россиялдаса тӏуранго тӏагӏине ругинги. Щайин абуни, Россиялда хӏалтӏулел рукӏарал Европаялъул улкабазул фирмаби гьаниса нахъе унел ругелъул.\nБагьаби хиралъизе байбихьарал тӏоцересел къояз гӏадамазул рихха-хочи букӏана. Кӏванагӏан жоялъул нахърател гьабизе, гӏемераб жо босизе ниятгун рачӏунел гьезул кӏудияб читӏир букӏанин абизе бегьула. Дагьалъ хадур гьел гӏодореги руссана.\nУргъун рахъун нижеца багьаби хира гьарурал гӏадин, нижеде, ай ричарухъабазде хьандолелги камуларо. Киназдаго бичӏчӏизабун бажарулеб гьечӏо багьабазул хӏакъикъат нижеда бараб жо гуреблъи.\nГьабсагӏаталда чакаралъул килоялъул оптовияб багьа буго 80 гъурущ. 90 гъурщидеги буго цо-цо бакӏазда. Цоги нухалъ тӏад руссун абуниги, аслияб къагӏидаялъ, хиралъун буго къватӏисел улкабаздаса гьанибе бачӏунеб букӏараб къайи-цӏа.\nМахӏачхъалаялъул №2 базаралда гьедигӏанго хӏалуцин гьечӏин бицана гьенив вичарулев, Гумбет районалъул Килалъа Шамсудин Жамалудиновас.\nБагьабазда хадуб низам чӏезабиялъул мурадалда республикаялда рагьун буго Оперативияб штабги. Улкаялда захӏматаб ахӏвалхӏалги бугелъул, кӏванагӏан багьаби рахинаричӏого тейин абун ричарухъабазде хитӏаб гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги."}
{"slug": "16507-mugiruzul-rosabal-tioritiila-yarmarkabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16507-mugiruzul-rosabal-tioritiila-yarmarkabi", "title": "Мугӏрузул росабалъ тӏоритӏила ярмаркаби", "date": "2022-03-17 09:25:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул тӏадкъаялда рекъон, республикаялъул районазда марталъул кӏиабилеб бащалъиялдаса байбихьун тӏоритӏизе руго росдал магӏишаталъул ярмаркаби.\nТӏоцебесеб ярмарка тӏобитӏизе буго Гумбет районалъул Инхо росулъ. Учузаб багьаялде гьениса бокьараб нигӏмат босизе гьенире рачӏине бегьула сверухъ ругел росабалъа гӏадамал."}
{"slug": "16508-tialabal-ul-shartial-zamanal-ul-resal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16508-tialabal-ul-shartial-zamanal-ul-resal", "title": "Тӏалабалъул шартӏал, заманалъул ресал", "date": "2022-03-17 09:26:32", "categories": ["gara"], "text": "Дагъистаналда гӏезегӏан руго производствоялъулаб хӏалтӏуда ругел, нигӏматал гӏезарулел ва гьел къачӏалел, батӏи-батӏиял магӏишатиял хъулухъал тӏуралел ишалъулал гӏадамал цолъизарулел, гьезие квер-бакъиялъе ругел жамгӏиял гӏуцӏаби. Гьезул цояб ккола къватӏисел пачалихъазде къайи-цӏа, нигӏматал ричулел предпринимателазул ассоциация. Гьелъул нухмалъулев Арслан-Гӏали Хӏамзатовасулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Арслан-Гӏали, щиб хъулухъ нужер ассоциациялъ тӏубалеб ва щал унел гьелда гьоркьоре?\n— Соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго къватӏисел пачалихъазде би чулеб къайи-цӏаялъул (экспорт) къадар. Гьелда рекъон гӏемерлъулел руго гьеб ишалде гъорлъе лъугьу нел предпринимателалги. Дагьаб цебеги, хӏалтӏулъ дандчӏвалел масъалаби гьединал предприни мателаз тӏуразе кколаан жидецаго. Гьеб иш гьезие бигьалъулароан ва кидаго гуро хӏасилалги лъикӏал кколел рукӏарал. Гьединлъидал, гьел масъалаби жиндир заманалда тӏуразе квербакъизе лъабго соналъ цебе гӏуцӏана ассоциация. Гьелда гьоркьобе уна 100-гӏанасеб компания, предприятие, гьезул 90 процент ккола гьитӏинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул вакилзаби. Нижгун хӏалтӏизе, нижергун бухьен кквезе бокьарал цоги бизнесчагӏазги гьеб загьир гьабизе бегьула гьаб адресалде хъван Arslan-Ali@mail.ru.\n— Кинал пачалихъазде ва щиб нилъер республикаялъ бичулеб?\n— Нилъер росдал магӏишаталъул руго лъикӏал хӏасилал, нилъеца гӏезарула рацӏцӏадал, химия гьоркьор гьечӏел нигӏматал. Гьезул, пихъил соказул буго лъикӏаб тӏалаб. Мисалалъе, кутакалда бокьула нилъер гьан ва гьеб уна Ираналде, Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде. Экспорталъул 30 процент ккола цӏералъ, гьеб бичула Доминикана республикаялде гӏунтӏун. Къадар цӏикӏкӏараб гьечӏониги, 100-гӏанасеб пачалихъалде уна Гъизляралда гьарулел нусал. Мексикаялъ босула теплицабигун парниказда хӏалтӏизабулеб пленка. Урба уна Эмиратазде, Турциялде, Казахстаналде. Нилъер ганчӏил гьабал унаан Украинаялде, Казахстаналде, 6 гьобо ана СШАялдецин, гьениса руго жеги заказалги. Хӏабиб Нурмухӏамадов дунялалдаго машгьурлъаралдаса нахъе тӏалаб буго нилъер миллиял тӏагъразулги.\n— Щиб гӏиллаялдалъун доз нилъер къайи босулеб ва гьеб добе бичун нилъеразе бугеб пайда щиб?\n— Бокьараб даран-базаралда аслияблъун буго кӏиго хӏужа – багьа ва даража, гьеб кӏиялъулго дандеккей ва ккунгутӏи. Дозие кутакалда данде кколеб буго гьеб кӏиябго, гуребани дол аскӏоре къалароан. Къватӏибе къайи бичулаго цо-цо масъалаби дандчӏваниги, захӏмалъи бихьаниги, багьа букӏиналъ нилъер предпринимателал къоларо.\n— Добе бичулеб цӏикӏкӏинабиялдаго цадахъ нилъер гьанир багьаби рахине рес гьечӏищ?\n— Рес буго. Амма гьедин ккечӏого букӏиналъул хӏалтӏи, гьарулел тад бирал тӏаде ккола пачалихъалъул хасал идарабазде. Гӏадада гурелъул квотаби чӏезарун рукӏунел.\n— Гӏарцудалъун борцани, кигӏа насеб къайи лъагӏалида жаниб нилъеца къватӏисел пачалихъаз- де бичулеб?\n— Ахирал соназда, гьоркьохъ еб хӏисабалда, гьеб бахуна 60 млн долларалде, гъоркьиса ана жеги тӏаде (68 млн.).\n— Ахираб заманалда ккана цӏакъго кӏудиял хиса-басиял. Кутакалда цӏикӏкӏана пачалихъ- алда тӏад лъурал санкциял, гъурщида данде долларалъул къуват щулалъана. Гьединал шартӏазда бигьалъизе бугищ нужер хӏалтӏи?\n— Масъалаби гӏемерлъана, гьайгьай, хӏалтӏиги бигьалъиларо. Амма гьелъул буго цогидаб рахъги. Къварилъиялда аскӏоб гӏатӏилъиги камуларин абухъе, доллар хиралъиялъ гӏемерал ресал кьола къватӏисел пачалихъазде къайи бичулезе. Россия буго кӏудияб пачалихъ, гьанир руго батӏи-батӏиял регионал, амма тӏабигӏиябгун географиялъул рахъалъ нилъер республика буго санагӏатаб бакӏалда. Хинаб ралъдал рагӏаллъуда, чанго пачалихъалъул гӏорхъода, динцоял, гӏадат-гӏамал релълъарал улкабазда гӏагарда рукӏиналъ нилъее кьола гӏемерал ресал. Европаялдасан, Бакътӏерхьул рахъалдасан нилъ къотӏаниги, гьезулгун бухьенал дагьлъаниги, нилъее рагьун буго бакъбаккул рахъ. Европаялде унеб букӏараб нилъер къайи сверизабизе бегьула гьезул лъикӏаб тӏалаб бугел Турциялдехун, гӏарабазул пачалихъаздехун.\n— Гьединаб рес гӏумруялде бахъинабизе ккани, щиб гьабизе кколеб?\n— Нилъер гӏадамал хӏакъикъаталдаги руго бажари бугел, хӏалтӏизе бокьулел ва лъалел, бокьараб захӏмалъиялдаса нух батизе кӏолел. Гӏарабазул «Хӏаракат-баракат» аби бугин ккола хас гьабун нилъее ургъараб, гьеб кутакалда рекъола нилъер рукӏа-рахъиналда, гӏадат-гӏамалалда. Хисараб ахӏвалхӏалалда сон рукӏахъе нилъ чӏани, сундулниги хӏисаб гьабичӏони, сундаго тӏад ургъичӏони, хӏакъаб жо, хӏасилалги рукӏина гьединалго. Нилъ дагьалниги рагъа-рачарани, бихьизабуни нилъер хасият-бажари, жигараб куцалда тӏаде лъугьани, лъикӏаб хӏалбихьигун рорчӏизе руго гьаб хӏалалдаса, тӏуразе руго киналго суалал. Нижецаги гьабулеб буго гӏураб хӏалтӏи. Масала, нижер хӏалтӏул цо бутӏалъун ккола туризм. Гӏарабазулгун (Сагӏудия, Бахӏрейн, Эмиратал, Оман) руго гӏемерал планал, гьаруна къотӏи-къаял.\nГьез цӏидасан жидеего рагьулеб буго Дагъистан, гьел тамашалъизарун руго нилъер тӏабигӏаталъ, рагьарал ва гьалбал хириял гӏадамаз ва гӏемераб цогидалъги. Гьел рачӏуна гьанире, хӏисаб гьабула киналъулго, гьезда гьоркьор руго нилъер гьаниб туризм цебетӏеялъе инвестициял хӏалтӏизаризе хӏадуралги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "16511-tsiororab-k-o-khinab-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16511-tsiororab-k-o-khinab-dandchivaj", "title": "Цӏорораб къо, хинаб дандчӏвай", "date": "2022-03-17 09:35:22", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гьал къоязда Казбек районалъул Гуни росдал школалъул коллективгун дандчӏвана республикаялъул Бетӏерасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Ильясов ва гьелъулго членал, РАНалъул ДФИЦалъул мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб цӏех-рех гьабиялъул централъул нухмалъулев Ахӏмад Муртазагӏалиевгун Махӏачхъалаялъул «Возрождение» школалъул директор Мухӏамадхӏабиб Халидов.\nКиса-кибего бараб гӏаздаца хъахӏ гьабун букӏана гьеб къоялъ Казбек район. Квачалъ гӏунизарурал гьалбадерил ракӏазулъе бачӏинахъего хинлъи речӏчӏизабуна школалъул цӏалдохъабаз. Гьалбал жанире лъугьарабго, байбихьана гьез кьурдизе ва жидерго гьунарал рихьизаризе. Дандчӏвай нухда бачуней йикӏарай школалъул ингилис мацӏалъул мугӏалим Бали Дадаевалъ рагӏи кьуна Зикрула Ильясовасе. Гьес баркала загьир гьабуна гьава-бакъалъухъ балагьичӏого, квач-цӏороялдаса хӏинкъичӏого заманги батун тадбиралда гӏахьаллъизе цадахъ рачӏарал ишцоязе.\n— Баркала кьезе бокьун буго нижер хӏурматги гьабун гьаб тадбир тӏобитӏизе ракӏалде ккараб Гуни росдал школалъул коллективалъе. Гьаниве жаниве лъугьиндал, ракӏалде щвана лъимерлъи, сундулго ургъел гьечӏеб аваданаб заман, эбел-эмен. Заман хехаб гӏор гӏадин унеб букӏуна. Гьединлъидал нужеца хӏаракат бахъизе ккола щибаб лахӏзаталдаса пайда босизе, лъай тӏалаб гьабизе. Гуниял кидаго рукӏана ва руго гьабулеб квердухъ билълъарал, бажари-гьунар бугел. Гьаниб церерахъиназда бихьана, нужеда гьоркьорги руго гьединал. Гьелдаго цадахъ нилъ рукӏине ккола рижараб росу-ракьалъе ритӏухъаллъун, гӏадат-гӏамалалъе, Ватӏаналъе хилиплъулареллъун. Ахираб заманалда Украинаялда лъугьа-бахъунебги бихьулеб батила нужеда. Гьениб Западалъул политикаялъ къосинарурал гӏадамаз жидерго улка кӏалагъоркье чӏвазабулеб буго. Гьединаллъун рукӏинчӏого рукӏине ккани хӏаракат бахъизе ккола школалда лъикӏ цӏализе, рукӏине ккола захӏмат бокьулеллъун, — ан абуна З. Ильясовас.\nХадув кӏалъазе вахъарав «Возрождение» школалъул директор Мухӏамадхӏабиб Халидовасги лъикӏаб къимат кьуна лъималазул церерахъиназе.\n— Дун хӏайран гьавуна нужер кьурдуцаги кучӏдузги. Гьаниве вачӏунелъул щибго щаклъи букӏинчӏо нуж гьединал гьунар бугел ратиялда. Щайгурелъул нужер гьаниса машгьурал гӏадамал гӏемер рахъиндалха. Гьезул цояв ккола политикиявгун жамгӏияв хӏаракатчи Зикрула Ильясовги. Бадибе рецц гьабизе рекъараб букӏунаро, амма абичӏого ресги гьечӏо. Гьев вуго нилъее сундулъго мисал. Дие бо кьилаан гӏагараб заманалда нуж хӏалбихьи бикьизеги цоцазе хӏалтӏул балъголъаби рагьизеги нижехъе, Махӏачхъалаялде, гьоболлъухъ рачӏани. Гьал къоязда «Возрождениялда» Санкт-Петербургалдаса гӏалимзабиги рачӏун тӏоритӏизе руго семинарал. Гьезда гӏахьаллъизеги ахӏула дица нуж, — ан абуна гьес.\nАхӏмад Муртазагӏалиевас бицана рахьдал мацӏалъул, гьеб кӏочон тани миллат билулеблъиялъул, гьелъул маданият, рухӏияб бечелъи тӏагӏунеблъиялъул хӏакъалъулъ.\n— Умумуз ирсалъе аманат гьабун тараб гьеб хазина нилъеца жакъа цӏуничӏони, метер кватӏун букӏине буго. Гӏурус мацӏги къваригӏуна, гьебги лъазе ккола, амма нилъерабгоги кӏочон гуребха. Лъимал, нуж цоцада гаргаде магӏарул мацӏалда, учительзабазги хӏаракат бахъе цӏикӏкӏун гьеб хӏалтӏизабизе. Ахӏмакъал директорзаби сабаблъун шагьаразул цо-цо школазда миллиял мацӏазде кӏвар кьолеб гьечӏо, цо-цоязда гьел малъулелцин гьечӏо. Районазда гьединаб ахӏвал-хӏал батиларо. Амма гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи нахъе ккезе тезе бегьуларо. Жакъа ниж Гуниялде рачӏана Зикрула Ильясовгун цадахъ. Гьес ахӏараб бакӏалде къватӏире рахъине щвей ккола Со веталъул членазеги, гьединго гьал магъзабазеги чӏухӏилъун. Цӏакъ бо кьана нужер хинаб гьимиги хӏеренаб кӏалъайги. Баркала тӏадегӏанаб да ражаялда къабул гьаруралъухъ, — ан абуна А. Муртазагӏалиевас. Хадур цӏалдохъабаз гьалбадерие кьуна суалалги. Заман тӏад буссунеб гьоколъун букӏарабани кинаб гӏуж тӏаса бищизе букӏарабин, абураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабуна гьес:\n— Тӏаса бищилаан гьаб школалда цӏалулеб мех, ургъалабазул гьир тӏад гьечӏеб бищунго талихӏаб лъимерлъиялъул гӏуж. Хадуб Хасавюрталда сельхозтехникумалда, Москваялда академиялда, Махӏачхъалаялда Университеталда цӏалулеб студентлъун вугеб заман. Лъимал гьарураб, эменлъун вахъараб мехги ккола бищунго рохалилал лахӏзатазул цояблъун.\nБицана гьес дагьаб цебе «Возрождение» школалда букӏараб гьединабго дандчӏваялъул хӏакъалъулъги. Баркала загьир гьабуна тадбиралъул хӏаракатчагӏазе, школалъул коллективалъе ва гьелда гӏахьаллъизе рачӏаразе.\nАхиралда киналго щвана школалъул музеялдеги. Гьенир цӏунун ругел къиматал тӏагӏалабазул, экспонатазул бицана тарихалъулгун физикаялъул мугӏалимзаби Мажид Мажидовас ва Сайрудин Нургӏалиевас.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "16512-sotsialiyal-ginazdasa-bugeb-khiink-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16512-sotsialiyal-ginazdasa-bugeb-khiink-i", "title": "Социалиял гьиназдаса бугеб хӏинкъи", "date": "2022-03-17 10:39:37", "categories": ["obshestvo"], "text": "14 марталда Россиялда Инстаграм къаялъ рахӏатхун лъугьана блогерал, бизнесменал, шоу-бизнесалъул гӏадамал. Социалиял гьинал къай гуреб тӏокӏаб кӏудияб гӏузру дунялалда гьечӏеб кинниги гьеб гьукъиялдаса рорчӏизе ресал ратана гӏемерисезда. VPN абураб программаялъул кумекалдалъун, Россия гуреб цогидаб батӏияб улкаялда гӏумру гьабулеб бугин хъвани хӏалтӏулеб буго Инстаграм. Нилъер ракьцоязеги гьеб социалияб гьин букӏана магӏишат гьабизе, чед балагьизе рес кьолеб бакӏлъун. Гьелъул кумекалдалъун гӏадамаз даран-базар ва реклама гьабулаан, батӏи-батӏияб лъай щвезабулаан, унтаразе, пакъиразе кумекалъе гӏарац бакӏарулаан, дин тӏибитӏизабулаан, динияб лъай щвезабулаан, жидерго махщел-гьунар халкъалда бихьизабулаан.\nРоскомнадзоралъ улкаялдаго Инстаграм ва Фейсбук къаялъе гӏилла щиб? Гьездаго хадуб Вотсапги къазе рес бугищ?\nБатӏи-батӏиял ресал ратун гьел гьинал хӏалтӏизарулезде гӏакӏаби къотӏизе яги тамихӏалде цӏазе рагӏулин харбал тӏиритӏизарулел руго. Россиялда гьукъарал социали ял гьиназда гьарулел кинал ишазухъ тамихӏалде цӏазе рес бугеб?\nНилъер улкаялда Инстаграм гьукъиялъе гӏиллалъун ккана Фейсбук, Инстаграм социалиял гьиназул ва Вотсапалъул бетӏергьанлъун кко леб Meta компаниялъ россиялъула зе ва нилъер аскариязе зулму-хӏал гьабизе гӏадамал ахӏулел лъазабиял хъвазе ва тӏиритӏизаризе цо-цо ул кабаздаса гӏадамазе ихтияр кьей. Гьелъул хӏасилалда Россиялъул Ге нералияб прокуратураялъ гьел соци алиял гьинал улкаялдаго гьукъизе ва гьел экстремизмалъулал гьиналлъун рикӏкӏине тӏалаб гьабуна. Гьелда тӏасан РФялъул СКалъ уголовнияб дело рагьана. Роскомнадзоралъул баяназда рекъон, Россиялда Фейсбук къаялъе гӏиллаги букӏана гьеб гьиналъ пачалихъалъул СМИязул аккаунтазул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизаби.\nРоссиялда гьукъарал Фейсбук ва Инстаграм социалиял гьиназдаса пайда босулезул къадар дагьаб букӏинчӏо нилъер улкаялда. 2021соналъул статистикаялъул баяназда рекъон, дунялалдаго кӏиго миллиард гӏанасев чияспайда босулаан Инстаграмалдаса, Россиялдаян абуни – 61 миллион чияс.\nДунялалъулго гӏадамазулгун бухьен гьабизе рес букӏарал социалиял гьинал къаниги, гьезул бакӏалда хӏалтӏизаризе бегьулел, гьездасанахъе ккечӏеб даражаялъул социалиял гьинал ругин Россиялъулин абулеб буго экспертаз. Гьел ккола Вконтакте, Одноклассники, Теле грамм, ЯRUS (Инстаграм,Ютуб ва Фейсбук хисизе кӏолеб Россиялда гӏуцӏараб социалияб гьин).\nИнстаграм хӏалтӏизабуралъухъ тамихӏ гьабулищ?\nБатӏи-батӏиял ресал ратун Инстаграм хӏалтӏизабулел тамихӏалде цӏазе ругищали мухӏкан гьабун гьечӏо. Буго Инстаграм ва Фейсбук къазе Генпрокуратураялъ Роскомнадзоралдаса гьабураб тӏалаб. Гьел социалиял гьинал экстремизмалъулаллъун рикӏкӏани, тамихӏалде цӏазе рес буго гьениб кинабгӏаги ре клама лъолеб бугоницин. Гӏадатияб бизнесалъул рекламаялъе гӏоло букӏаницин, Россиялда экстремизмалъулаблъун рикӏкӏунеб гьиналде рехараб гӏарацги экстремизмалъе гьабураб кумеклъун рикӏкӏунеб буго. Нилъер улкаялъул законазда рекъ он (283.2 УК РФ), экстремизмалъе кумек гьабулезда 300-700 азарго гъурущ гӏакӏа къотӏизе яги микьго соналде щвезегӏан эркенлъиялдаса махӏрум гьаризе рес буго.\nТАССалъул баяназда рекъон, РФялъул Жамгӏияб палатаялъул вакил, хӏинкъи гьечӏеб интерне талъул Лигаялъул директор Ека терина Мизулиналъ абулеб буго: «Россиялъулаз Инстаграм, Фейсбук хӏалтӏизаруралъухъ бихьизабураб тамихӏ гьечӏо жеги. Нагагь судалъ Meta экстремизмалъулаб гӏуцӏилъун рикӏкӏани, Фейсбук ва Инстаграм гуребги, Вотсапги къазе рес буго», ян.\n«Московский комсомолец» газеталда бахъараб макъалаялда адвокат Дмитрий Аграновскияс хъва леб буго: «Дир хӏисабалда, Meta компаниялъул вакилзабазул пиша ялъулъ халкъазда гьоркьоб дагӏба- рагӏи багъаризабиялъул ишал руго. Гьеб компания экстремизмалъулаб гӏуцӏилъун рикӏкӏани, дица, адвокат хӏисабалда, лъиего лъикӏаблъун бихьизабуларо гьелъул социалиял гьи назда хъвай-хъвагӏаял гьаризе. Жеги лъикӏ букӏина гьениса нужерго акка унтал нахъе рацӏцӏинеги», — ян.\nГӏадамал васвасдизе тӏамулел руго\nМедиа-юристазул коллегиялъул нухмалъулев Федор Кравченкоца лъазабуна:\n«Россиялда VPN программаялда са пайдаги босун, улкаялда гьукъ арал Интернет-сурсатазухъ рала гьаразе кинабгӏаги жавабчилъи, тамихӏ бихьизабун гьечӏо. Гьединаб жавабчилъи тӏалаб гьабула Интерне талде «нух рагьулел», амма гьукъа рал сурсатазде нух къаларел бухье налъулал оператораздаса. Рес буго гьукъараб ва гьересияб информация тӏибитӏизабулел сайтазул ва цо-цо аккаунтазул хважаинзабазе экстре мизмалъухъ тамихӏ гьабизе», — ян.\nУкраинаялда хасаб операция тӏобитӏизе байбихьаралдаса на хъе социалиял гьиназдасаги батӏи- батӏиял сайтаздасаги нилъер аскариязул ва спецоперациялъул хӏакъалъулъ гьересиял информа циял тӏиритӏизаризе байбихьана. Гӏадамазул психикаялъе зарал гьа булел, тӏадецуй цӏикӏкӏарал видеороликал тӏиритӏизарулел рукӏана гӏемерисел социалиял гьиназдасан. Хӏатта Ютубалда лъималазе рихьизе лъурал мультфильмаздагицин гьоркьоб речӏчӏизабулаан Украи наялда ругел Россиялъул солдатал лъукъун ругин, хун ругин абурал чӏахӏиязулгицин рекӏелъе хӏинкъи рехизабулел видеороликал. Роском надзоралъ гӏемерисел гьединал ро ликал гьукъана, амма батӏи-батӏиял фильмазул сайтаздаги гьединал рекламаби камулел гьечӏо. Гьединго Google и «Яндекс» системабазда щибгӏаги цӏехолелъулги гьоркьор речӏчӏулел руго гьересиял харбал (фейк). Жакъа нилъер республикаялдаги гӏемер дандчӏвалел руго гӏадатиял гӏадамал васвасдизе тӏамулел, пача лихъалде данде гӏадамал гьусулел цо-цо блогерал, жамгӏиятчагӏи. Ба гьанаги щун, Россия какизе ва нуж лагъзал ругин гӏадатияб халкъалде рогьо базе лъугьана кидаялиго улка ялдаса къватӏисел пачалихъазде го чарал яги лъутарал цо-цоялги.\nНилъго ургъизе ккола\nИнтернеталда тӏибитӏизабулеб щибаб хабаралда божизе бегьунгутӏиялъул ва Украинаял да тӏобитӏулеб спецоперациялъул хӏакъалъулъги, пикру загьир гьабун, хитӏаб гьабун букӏана ДРялъул муф тияталъул председатель Мухӏамад Майрановас. Гьес абулеб буго нилъерго улкаялъул рахъги ккве зе кколин, ургъунго цо-цо гӏадамаз тӏиритӏизарулел гьересиял харбазда божизеги бегьуларин абун.\n«Жакъа Украинаялда тӏобитӏулеб буго спецоперация. Гьеб буго нилъер улкаялъе бугеб хӏинкъиялдаса цӏунизелъун рес къотӏиялъ, чара гьечӏолъиялъ гьабизе ккараб иш», — ан абуна Майрановас.\n«Ахираб заманалда бакътӏерхьул улкабаз Интернеталъул кумекал далъун дунялалдаго тӏибитӏизабизе хӏаракат бахъулеб буго Россиялъул хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб пикру. Россия квешаблъун бихьизабизе яхӏ бахъулеб буго. Тӏиритӏизарулел бокьа-бокьарал харбазда божичӏого, нилъго ургъизе ккола.\nНилъеца гьеб суалалъул рахъ ккола (спецоперация), щайгурелъул нилъее къваригӏун гьечӏелъул метер нилъер ракьалда нилъерго харабиги, лъималги, руччабиги чӏвазе. Нилъеда гьоркьор раккулел руго гьеб нилъер иш гурин, нилъер кьал, къец гурин абулелги. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда нилъер улкаялде кӏанцӏараз нилъер динги миллатги цӏехолебищ букӏараб? Щай ва лъие къваригӏараб гьал жанисел рикьалаби гӏуцӏи, гӏодоре риччан нилъерго дин гьабизе ресги букӏаго. Россиялда гӏумру гьабизе бокьичӏел гьанир хӏалица чӏезарунги гьечӏелъул.\nЦо-цояз абулеб буго Россиялъ Украинаялда тӏобитӏулеб спецопе рация исламалда рекъараб гьечӏин. Нилъеда лъала Мухӏаммад ава раг (с.гӏ.в.) тӏоцеве Мадинаялде гочараб мехалда, ярагъ къватӏибе бахъизе ихтияр кьун тӏоцересел аятал рещтӏиндал, жалго цӏунизе ярагъ къватӏибе бахъараблъи ги. Гьебго заманалда, жидедаса хӏинкъи бугел къавмазде гьужу малги гьарун рукӏана. Гьеб гьужум гьабун букӏинечӏебани тушман тӏаде кӏанцӏун цӏикӏкӏун чи гъуризе рес букӏаралъул гьезул. Гьелъулги хӏисаб гьабизе ккола. Нилъ гӏабдалзабазул рехьедлъун гьабизе хӏаракат бахъулеб буго бакътӏерхьул улкабаз. Ва гьеб информациялъулаб рагъда нилъерго улкаялда, нилъ ерго Ватӏаналда данде рахъинаризе хӏаракат гьабулеб буго гьез», — ан лъазабуна ДРялъул муфтияталъул председателас.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "16514-gitiinabgorosul-nekisiyab-giadat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16514-gitiinabgorosul-nekisiyab-giadat", "title": "Гьитӏинабго росулъ некӏсияб гӏадат", "date": "2022-03-17 10:40:49", "categories": ["magiarukh"], "text": "Цӏакъ лъикӏаб иш гьабуна газеталъул редколлегиялъ щибаб магӏарул районазул гъваридго бициналде цӏикӏкӏун кӏвар кьеялдалъун. Гьелъ нижер жавабчилъиги цӏикӏкӏана, росабазул гӏумру рагьизе ресги кьола. Балъго гьабун щай, жибго гьитӏинаб бугониги гьунарал гӏемераб, гӏадат-гӏамал берцинаб Чӏарада районалъул гӏумруялъул гъираялда бицуна дица.\nГӏадатлъун лъугьарал ва календаралъул байрамал цо гьоркьор риччачӏого тӏоритӏиялдеги цӏакъ кӏвар кьола чӏарадисез. Исанаги рукӏана «Жея, васал», «Жея, ясал» абун къецал, Ватӏан цӏунулезул къо, руччабазул байрам, рахьдал мацӏалъул къо кӏодо гьабун гӏуцӏарал тадбирал. Щибалъул батӏа-батӏаго бицине мустахӏикъаб бугониги, гьезул бицун халат гьабиларо. Гьаб нухалда бицина гьеб районалъул цо росулъ тӏобитӏулеб, умумузул заманалдаса нахъего цӏунараб байрамалъул хӏакъалъулъ.\n«Ихги чӏун гьечӏо, кьинги рагьдаго буго, росу къватӏибе бахъун гьабулеб байрамго кинаб, гӏазда бакараб цӏадул магӏна щиб?» — гьадинал суалал рукӏана дир Чӏарада районалъул Лъалухъ тӏобитӏулеб тадбиралде щведал.\n«ГӏУРХЬО БАЙ»\nГьединаб байрам буго их гӏагарлъулеб букӏиналъул гӏаламатин абун бицана лъалухъез.\nГьанибго дагьаб гӏатӏидаб баян кьезин, къого цӏаракиялде бакӏарун гьитӏинлъараб росдал, гьениб цӏунараб некӏсияб гӏадаталъул хӏакъалъулъ.\nРайоналъул централдаса 16 километралъ рикӏкӏад, къаралазул рахъалда бугеб Лъалухъ росу уна Гьачада росдал администрациялде гьоркьобе.\nЭхедераялъул свераби гӏемераб нух лъугӏун тӏаде рахиндал батула бакъуе рагьараб расалъуда кьучӏ лъураб Лъалухъ.\nКваранаб рахъалда — чилулеб лъар, квегӏихъе — рохьаз рацарал мугӏрул, дандбитӏун — гӏатӏидаб гӏурдаллъи. Щибаб цӏияб бакӏалде щведал, асир гьарула нилъер тӏабигӏаталъ. Иргадазухъе кьуниги тӏамур бачине лъаларев, бакъан биччаларев чиги вукӏунаро Лъалухъилан абула чӏарадисез. Гьединаб бакӏалда Шагьав Гӏабдурахӏманов гӏадал гьунарчагӏи гӏеялдаги гӏажаиблъиларо. Бицен буго, гьезул ракьалда цо ицц бугила, гьениса лъим гьекъарав чиясулъ кочӏое гьунар бижулеб. Цӏех-рех гьабидал лъана, жамгӏиял гьиназда машгьураб «AVAR_XAXA» абураб цӏаралда гъоркь магӏарул мацӏалъ кополал видео-клипал гьарулев Шапигӏ Исмагӏиловги Лъалухъа вукӏин. Лъел балъголъи тасдикъ гьабиларо, амма гьунаралги гьенир гӏемерал руго, Чӏарада мухъалда цоги росулъ гьечӏеб «Гӏурхьо бай» гӏадатги буго цӏунун. Къиматаб буго лъалухъезе гьеб гӏадат, райцентралдаса, шагьаралдаса рахъунцин рачӏунел руго гьенир гӏахьаллъизе.\nТӏИНАЛ ВАСАЛ КӏУДАЛ ГӏЕГИ\nХасалихъего байбихьула гьез их гӏагарлъиялъул байрамалде хӏадурлъизе.\nХаселалъ гӏи-боцӏуй хер балаго батӏа гьабураб гӏучӏ-мичӏилалъул рател гьабула руччабаз. Улбуздаса нахъе ккечӏого, магъилъа хъачӏаб рагӏи-херги бакӏарун, регьел щолареб бакӏалда тӏупун къачӏала лъималаз. Гьеб ишалъул бищунго кӏудияб жавабчилъиги букӏуна жеги балугълъичӏел васазда тӏад.\nРосулъ гӏадамал гӏемераб заманалда щибаб авалалъул васаз жиде-жидерго «гӏурхьо» балаан. Цӏадул габур борхатго лъугьарал бергьараллъунги рикӏкӏунаан. Байрамалъул къо тӏаде щолаго, гӏолохъабаз рохьоса къотӏун, кӏудияб гъветӏ эхетула цӏа бакизе бихьизабураб хасаб бакӏалда. Тӏаде къо щведал росу бакьулъ тӏохдеги вахун гӏелас ахӏи бала гӏурхьо балеб къо тӏаде щванилан. «Ле, жамагӏат, гӏенехьия! Къутӏире рахе гӏурхьо базе! Гӏучӏги гьой, къутӏире раха, хехго!» Къвалакь, мугъалда гӏучӏмучӏалъул гулалгун росдал магъил гӏатӏилъухъе гӏедегӏула руччабиги лъималги. Щулаго ракьулъ рекъезабураб гъотӏода тӏад тӏупула тӏолабго цӏатари. Лъагӏалида жаниб вас гьавунщинаб рукъалде цӏар рехсон ахӏи бала гӏисинал васаз гӏурхьо балеб бакӏалдеги рахун: «Расулил Гӏабдурахӏимил гӏурхьоде гӏучӏ гьве, Гӏумарил Мухӏамадил гӏучӏ гьве (босе)». Нагагь гӏучӏ бачӏинчӏони, «гьанибе босичӏони гьоробго бухӏаги» абун гьеб рукъалде махсарадул хьамиги бала васаз. Лъималазул гьаракь рагӏарабго, мугъалда гулги бан, цӏи гьавурав васасул эбел гӏедегӏула гӏурхьо балеб бакӏалде.\nМаркӏачӏул гӏуж щвелалде кинабго гӏучӏ-мичӏил, гъотӏол тӏараде щвезегӏан сокӏкӏун, бухьун рекъезабула.\nХӏадурараб гӏариялда цӏа гъелалде, гӏадлу-низам цӏуниялъе жавабияв чиги вищула. Гьес изну кьурабго, цӏаги гъола. Цӏадуда сверухъ лъугьун низам хвезабулезда щвезабулеб, цебе гургинаб бетӏерги бугеб, хасаб гӏачӏ-тӏилги букӏуна гӏадлучиясул.\nГӏурхьо балеб бакӏалда лъугьабахъунелъухъ жидерго тӏохаздаса, азбараздаса халгьабун, «цӏадуца гӏучӏ-мичӏил бухӏараб гӏадин бухӏаги кинабго къварилъи-захӏмат, унтащокълъи» абун гьарулеб жамагӏатги букӏуна.\nЦӏадул мацӏ хӏенхӏазде сверидал, васазул къокъа гочуна, цереккунго чӏахӏиял ракӏарараб, росдал годекӏанире.\nРосдал хӏурматиял гӏадамазул тӏалабалда рекъон гьениб васаз бихьизабизе ккола кечӏ ахӏизе, тӏамур бачине ва цогидалъе бугеб жидерго гьунар.\nГьунарчагӏазе кьезе сайгъаталги хӏадурун рукӏуна чӏахӏияз. Гьелдаса хадуб лъималазе ихтияр кьола жидерго байрам бокьухъе бачине. Гӏурхьо баялъул буго гӏасрабаз цӏунараб хасаб гӏуцӏи, гьелъул низамги цӏунула кигӏан гӏисиналги гӏахьалчагӏаз. Годекӏаниса бахъун васазул ихтилат гочуна цебеккунго хӏисабалде босараб бакӏалде.\nГӏипуда, парчуда, аряруда, гӏеруда,\nГӏей, гьей!!\nГӏисинхӏамул чӏахӏалъаги,\nЧӏахӏахӏамул гьарзалъаги,\nГъоркьияб рукъ тӏатӏул цӏеги,\nТӏасияб рукъ гьанал цӏеги.\nХьалбаз магӏал тӏезареги,\nТӏинал васал кӏудал гӏеги.\nЦӏогьорасул чехь унтаги,\nКӏвахӏаласул рукъ биххаги.\nТӏармидаса хъуштӏугеги,\nХъорщодаса таругеги.\nЯ ратӏа, я бох кье!\nГьадин махсаро-хочӏалда, гьара-рахьиялъул кучӏдулги ахӏулаго, кодор кьер-кьерал таргьабигун, дагьаб чӏахӏияб гӏелалъул васал щола росдал щибаб рукъалъул кӏалтӏе. Рукъалъул хважаинзабазулги изну букӏуна нужерго гьунар бихьун кьела сайгъат-ин абун гьездаса кьурдикечӏ тӏалаб гьабизе.\nРосу сверун сайгъаталги ракӏарун васал тӏадруссуна жидерго гӏисинал гьалмагъзаби тараб бакӏалде. Таргьабахъе банщинаб нигӏматги цебе тӏибитӏун унго-унгояб аваданлъи, тепси- сухӏмат гьабула васаз. Гьеб тепси-сурпаялдаги хъваравуллъуда букӏуна гӏурхьо баялъул жавабиясул «гӏачӏ», гӏадлу хвезабулесда хъубухъун щола гьеб.\nКванан нахъе хутӏарал нигӏматал бащадго цоцазда гьоркьорги рикьун, сордо бащалъидал рокъо-рокъоре руссуна васал. Лъималазул ихтилаткепин абун тӏалаб гьечӏого толаро чӏахӏияз гӏурхьо бай.\nНахъисеб къоялъ бихьинал ракӏарула годекӏанире, гьениб кьола къимат сонисеб сордо-къоялъе.\nХАДУРАГӏИ\nКигӏан гьитӏинабги росулъ культураялъул идара бугони, гьениб чӏаголъи камуларо.\nАхираб 15 соналъ росдал байрамал, тадбирал гӏуцӏиялъе хӏаракат бахъула культураялъул хӏалтӏухъан Мухӏамадрасул Гӏабдурахӏмановас.\nЦоги, цӏакъ лъикӏаб, щибаб районалъ, росдаца мисал босизе мустахӏикъаб гӏадат буго Чӏарада районалда. Районалъул нухмалъулел, жамгӏиял гӏуцӏабазул церехъаби щола цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазухъе, баркала кьола гьез районалъул гӏумру берцинлъиялъе, бечелъиялъе лъураб бутӏаялъухъ. Гьеб мурадгун дагьалъ цере Лъалухъе Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Камал Гӏумаровасухъе щун рукӏана районалъул нухмалъулел.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "16515-rosdal-uchitel-rachia-million-bosize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16515-rosdal-uchitel-rachia-million-bosize", "title": "«Росдал учитель»: рачӏа миллион босизе!", "date": "2022-03-17 10:45:48", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ республикаялъул учительзаби ахӏулел руго «Росдал учитель» абураб пачалихъияб программаялда гӏахьаллъизе. Гьелда рекъон росдал школалда хӏалтӏизе ине разилъарав учителасе кьолеб буго миллион гъурущги.\nПрограммаялда гӏахьаллъизе бокьарав учителас цӏализе ккола 2020 соналъул 29 августалда ДРялъул хӏукуматалъ гьабураб №185 хӏукму. Гьенир рехсон руго проекталда гӏахьаллъизе ккани, цӏунизе кколел шартӏазул хӏакъалъулъ баянал. Къокъго абуни, гьелъие хӏажалъула педагогияб тӏадегӏанаб лъай ва 55 сонил ригьалде вахарав гьечӏолъи. Гьелде тӏадеги, хъвай-хъвагӏай гьабизе ккола http://zemteacher.apkpro. ru/ порталалда, тӏаса бищизе ккола ракӏрекъараб школа ва гьенибго тезе ккола программаялда гӏахьаллъизе рес кьеян абураб хитӏаб.\nИсана хӏадурун буго 95 чиясе бакӏ. 2021 соналъул сентябралдаса нахъе жинца гӏумру гьабулеб бакӏалъул школалда хӏалтӏулев вугев учителасул ихтияр букӏунаро, «Росдал учитель» абураб программаялда рекъон, гьебго муниципалитеталъул цогидаб росулъе хӏалтӏизе ине.\nРосдал учитель» абураб порталалда хитӏабал къабул гьарулел руго 30 апрелалде щвезегӏан. Документал къабул гьарула Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталда (ДИРО) – тӏоцебесеб апрелалдаса 31 маялде щвезегӏан.\nКонкурсалда гӏахьаллъизе къваригӏуна гьал хадусел документал: гӏарза (порталалда бихьизабун буго гьеб хъваялъул къагӏида), паспорталъул, тӏадегӏанаб лъай бугеблъи тасдикъ гьабулеб документалъул (дипломалъул), захӏматалъул книжкаялъул копияби, автобиография, судалда ккеялъул яги ккунгутӏиялъул ва уголовнияб цӏех-рех гьоркьоб къотӏизабиялъул хӏакъалъулъ справка, снилс, электронияб захӏматалъул книжкаялдасаги банкалъул лицевой счеталъулги баянал, персоналиял баянал, хӏалтӏизе ихтияр кьолин абураб хитӏаб. Киналго документал къабул гьарун рукӏине ккола нотариусалда.\nСуалал ругони, кӏалъай гьаб телефоналде: 8 8722 67 84 71.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "16516-dag-istan-ustarzabazul-rak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16516-dag-istan-ustarzabazul-rak", "title": "Дагъистан-устарзабазул ракь", "date": "2022-03-17 10:48:59", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистан рикӏкӏуна халкъияб художествияб устарлъиялъул заповедниклъун. Цебегоялдаса нахъе гьаниб цебетӏураб букӏана батӏи-батӏияб тайпаялъул устарлъи: махх къачӏай, цӏулада ва ганчӏида рикӏун накъищал рахъи, шагӏил тӏагӏелал гьари, халичаби ресси, меседил куналъ угьари ва гь. ц.\nГьоркьохъел гӏасрабазда Дагъистаналда рукӏана художествияб устарлъиялъул батӏи-батӏиял тӏагӏелал гьарулел хасал централ. Бищунго машгьураллъун рукӏана Кубачи, Гъумухъ, Гьоцӏалъ, Унсоколо, Балхар, Гъазданущи, Чӏох, Сулевкент, Ахти, Микрах, Хив, Хучни, Дербент, Амузги, Харбук, Ичичӏали, Гӏанди, Испик, Жули росабазул централ. Дагъистаналда гуребги, гьезул къайи гъираялда босулаан къватӏисел улкабазги. Совет хӏукуматалъул соназда бергьенлъиялда хӏалтӏулел рукӏана гьел центразул кьучӏалда гӏуцӏарал художествиял комбинатал. Санагӏат гьечӏел 90-абилел соназда гьезул гӏемерисел риххана, гьединлъидал жакъа гӏемерисел устарзаби хӏалтӏулел руго жидерго мастерскаязда.\nГьединал устарзабазе саламатаб кумек щола Махӏачхъала шагьаралъул Шамил имамасул цӏаралда бугеб къватӏалъул «Устарзабазул шагьар» абулеб сквералъул хьибилалда рагьараб Халкъияб художествияб устарлъиялъул централъул. Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Централъул директор Гӏабдулкъасум Гӏумаровас бицана гьениб гӏуцӏараб хӏалтӏул, церечӏарал масъалабазул ва гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ.\n— Гьайгьай, дица чара гьечӏеблъун рикӏкӏуна республикаялда халкъиял махщелал церетӏезари. 2010 соналда ДРялъул хӏукуматалда цебе гьеб суал лъуна Дагъистаналъул Халкъияб художествияб устарлъиялъул комитеталъул председатель Хӏусен Ахӏматӏовас ва гьоцӏдерил, кубачиязул ва ансадерил художествиял комбинатазул директорзабаз. Гьезул жигаралдалъун Махӏачхъалаялъул «Устарзабазул шагьар» абураб сквералда аскӏоб бугеб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда рагьана Халкъияб художествияб устарлъиялъул центр. Цӏар рагӏарав гӏарацмеседалъул устар, РФялъул халкъияв художник Унсоколаса Хӏамзат Гъазимухӏамадовас нижеда малъана Централъул хӏалтӏи гӏуцӏизе ва профессионалиял устарзабазул выставкаби тӏоритӏулеб къагӏида.\nЦере гьел рукъзабахъ рукӏана гьоцӏдерил художествияб комбинаталъул гӏарац-меседалъул къайи гьабулел устарзабазул мастерскаял. Гьелъие нухмалъи гьабулаан РФялъул халкъияв художник Мухӏамад Жамалудиновас. Нижеца гьел рукъзал цӏидасан къачӏана, хӏадурана жиб-жиб устарлъиялъе хасаб мастерская. Школлъималазе, туристазе ва цоги чагӏазе машгьурал устарзабаз зама-заманалдасан гьенир чӏорого тӏоритӏула художествиял тӏагӏелал гьаризе ругьун гьариялъул мастер-классал. Мастерскаязда чӏезарун руго гьелъие хӏажатал киналго сурсатал. Масала, Балхаралдаса Мирзаева Асиятица ва Давудова Магиятица лъималазда малъула, хӏатӏ хӏадуриялдаса байбихьун, тӏагӏел гьабиялде гӏунтӏун, щагӏил къайи гьабулеб къагӏида. РФялъул Хӏукуматалъул премиялъул ва «Душа России» абураб РФялъул Хӏукуматалъул премиялъул лауреат Унсоколоса Мухӏамадгӏали Мухӏамадгӏалиевас ва гӏолохъанав устар Мухӏамадгӏали Мухӏамаевас, гьединго Кубачиялдаса Россиялъул Художниказул советалъул член, РФялъул Хӏукуматалъул премиялъул лауреат, РФялъул Хӏукуматалъул премиялъул ва «Душа России» абулеб РФялъул Хӏукуматалъул премиялъул лауреат Закарья Канаевас малъула гӏарац-меседалъул къайи гьабулеб къагӏида. Школлъимал гъираялда рачӏуна мастер-классазде, гьезие бокьула батӏи-батӏиял тӏагӏелал гьаризе ва накъищал рахъизе ругьунлъизе. Амма лъималазе бищунго бокьула щагӏил тӏагӏелал гьаризе.\nЖакъа нижер Центр ккола ДРялъул Туризмалъул ва халкъияб художествияб устарлъиялъул министерствоялъул бутӏалъун.\n— Гӏабдулкъасум, кинал масъалаби лъун ругел Централда цере ва кинал хӏалтӏаби гьелъ тӏуразарулел?\n— Централъул аслиял масъалаби ккола: халкъияб устарлъи машгьурлъизаби ва гьелъул къадру борхизаби, выставкабигун ярмаркаби тӏоритӏи, устарзабазул махщел камиллъизаби.\nЦентралда щибаб моцӏалъ тӏоритӏула тематикиял выставкаби, масала: «Серебряная сказка»; «Подарок на 8 марта»; «Неповторимые куклы Дагестана»; «Дагестанская художественная керамика» ва гь. ц.\n— Выставкалда лъезе экспонатал кин тӏаса рищулел, устарзабазул цӏаралда ва машгьурлъиялда бараб жо букӏунищ гьелъул?\n— Жакъа выставкаялда лъун руго Дагъистаналъул машгьурал халкъиял устарзабазул хӏалтӏаби. Машгьурлъи-цӏар цӏехечӏого, бокьарав устарасе рес буго живго бетӏергьанал хӏалтӏаби выставкаялда лъезе. Гьайгьай, зама-заманалдасан экспонатал хисула. Лъие бугониги цо пуланав устарасул хӏалтӏи босизе бокьани, нижеца кьола гьесул телефон. Гьеб ккола нижеца устарзабазе гьабулеб кверчӏай ва гьесул къайиялъе чӏобого гьабулеб реклама.\n— Аслияб куцалда выставкаялде щал рачӏунел?\n— Ахираб кӏиго-лъабго соналда нижер выстакаялде гӏемер рачӏуна туристал. Выставкаялда лъун ругел устарзабазул хӏалтӏабаз (экспонатаз) хӏайран гьарурал туристазе бокьула авторазулгун лъай-хъвай гьабизе ва гьезул цоги хӏалтӏаби рихьизе Кубачиялде, Балхаралде, Унсоколоре ине. Дагъистан кидаго букӏана устарзабазул ракьлъун, божи буго гьеб хадубги гьединабголъун хутӏиялде. Гьеб мурадалда ДРялъул хӏукуматалъ, хасго профилияб министерствоялъ, ахирал соназда гьарулел руго гӏемерал пайдаял ишал. Республикаялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, нижер министерствоялъ квербакъизе буго художествиял комбинатал хадурккунги цӏигьариялъе ва жалго жидедаго чӏун хӏалтӏулел устарзабазда кверчӏваялъе. Дагьдагьккун художествияб устарлъиялъул централ рагьулел руго муниципалитаздаги, тӏоритӏулел руго выставкаби, ракӏалда буго киналго муниципалиял гӏуцӏабазда устарлъиялъул рукъзал ва мастерскаял рагьизе, гьезда гьоркьоре уна миллиял костюмал ва музыкалиял алатал гьариги. Федералияб даражаялда тӏад хӏалтӏун, хӏадурулеб буго Россиялда халкъияб художествияб устарлъи цебетӏезабиялъул стратегия. Гьеб мурадалда тӏамурал тӏоцересел галабилъун рикӏкӏине ккола хӏукуматалъул художествияб устарлъиялъул предприятиял НДСалдаса, ракьул ва чӏахъеналъул налогаздаса эркен гьари. Гьел бигьалъабаз саламатго рухӏ речӏчӏизабуна халкъияб устарлъиялде. Гьединлъидал Дагъистан букӏана, буго ва хутӏизе буго устарзабазул ракьлъун.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "16517-barkala-mugialim-dur-l-ikil-iyal-ukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16517-barkala-mugialim-dur-l-ikil-iyal-ukh", "title": "«Баркала, мугӏалим, дур лъикӏлъиялъухъ»", "date": "2022-03-17 10:53:14", "categories": ["insan"], "text": "12 марталда абадияб рокъове ана хӏаракаталъул цӏураб ракӏалъул, гӏужилаб пикруялъул ва бергьараб пагьмуялъул инсан Гьонодаса Муртазагӏалил вас Каримуллагь-хӏажи. Магӏарулазда рагӏичӏев, лъаларев чи вукӏинчӏо гьев. Гӏемерал соназ Гъуниб районалъул имамлъунги хӏалтӏарав, тӏарикъаталъул устарзабазул, гӏалимзабазул, шайихзабазул, магӏарулазул тарих чӏаго гьабурал гӏадамазул гӏумрудул хӏакъалъулъ кӏвахӏ гьечӏого гӏемерал тӏахьал хъварав, бергьараб хӏаракаталъул инсан вукӏана Каримуллагь-хӏажи.\nКаримуллагьил гӏага-божаразда зигараги балаго редакциялъ хӏукму гьабуна гьесул гӏумруялъул хӏакъалъулъ ракӏалдещвей кьезе. Гьеб кьезе мустахӏикъав инсанги вукӏана Каримуллагь-хӏажи. Гӏемерал соназ щулияб бухьен букӏана гьесул «Хӏакъикъат» газеталъулгун. Гӏемер хъвадарулаан гьев цогидал басмабаздеги.\nКаримуллагь-хӏажи гьавуна 1937 соналда Гьонода росулъ. Бигьаяб букӏинчӏо лъимерлъи. Лъагӏел барав чи гьев вукӏаго, хвана эбел Шагьрузат. Гӏемер заман балелдего хвана эменги. Каримуллагьицаги гьесдаса ункъо соналъ кӏудияй яц Патӏиматицаги баччизе ккана бесдаллъиялъул кьогӏлъи. Бигьаяб букӏинчӏо балугълъиги. Амма гӏумруялда жиндирго бакӏ батизе кӏвана гьесда.\nЗахӏматалъул нух тӏаса бищана учительлъун хӏалтӏиялдаса. Хӏалтӏана Гьонода, Къорода росабазул школазда. 80-абилел соназда вукӏана районалъул «Цӏияб Канлъи» газеталъул редакторасул заместительлъун.\nДида лъалеб мехалда Каримуллагь-хӏажи ватана Гъуниб районалъул имамлъун. Гӏемерал соназ гьабуна гьес гьеб хӏалтӏи. Дун лъугьинаро районалъул имамлъун хӏалтӏулеб заманалда гьес гьабураб хӏалтӏулги, нахъа тараб нухлулги хӏакъалъулъ бицине. Гьелъие къимат кьела заманаялъ, гӏадамаз, гьесул хӏалтӏи бихьараз, лъалез ва гьелъул магӏна бичӏчӏулез.\nГьеб киналдаго гьоркьов газеталде хъвадарулев, исламалъул церехъабазул хӏакъалъулъ тӏахьал хъвалев, гьел печаталде рахъулев, кӏвахӏ гьечӏого хӏалтӏулев инсан вукӏана гьев.\n1960-абилел соназ Каримуллагьхӏажи хӏалтӏана Гьонода росулъ мугӏалимлъун. Гьес дарс кьурал чагӏазул цояв ккола магӏарулазул машгьурав шагӏир, Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовги.\nРосуцоязул цӏаралдасан жиндирго мугӏалимасул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес:\n— Дагь-дагьккун унел руго дир мугӏалимзаби. Гьез цохӏо лъай гуребги, лъаялда цадахъ дир рекӏелъ лъуна гӏагараб ватӏаналде рокьиги, рахьдал мацӏалъул хинлъиги, куцана унго-унгояв магӏаруласул тӏабигӏатгӏамалги. Дие кидаго хириял рукӏана дирго мугӏалимзаби.\nГьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола Каримуллагь-хӏажицаги. Гьес кьуна дие гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул дарсал. Школалда гьес кьолаан музыкаялъул, суратал рахъиялъул дарсалги. Кутакалда берцинаб хатӏги букӏана гьесул. Дол соназда гьеб цӏакъ кӏвар бугеб жоги букӏана. Школалъул къадал газета биччалелъул, батӏи-батӏиял лозунгал, хитӏабал хъваялъул кинабго хӏалтӏи жиндаго тӏаде босун букӏана гьес.\nГьединго доб зманалда гӏемерал тӏоритӏулаан районалъул росабазда, школазда гьоркьор батӏи-батӏиял къецал. Гьениб Гьонода росдаца кӏиабилеб бакӏалдаса гъоркьехун тун батӏияб бакӏ кколароан. Щайин абуни, гьонодисел кидаго рукӏана ракӏ гӏатӏидал, аваданал, ихтилаткеп хириял чагӏи. Гьел къецазде чагӏи хӏадуриялда гьоркьобги кӏудияб бутӏа лъолаан Каримуллагьхӏажица. Дол соназда гьезул хъизамго букӏана гьединаб, творческияб рахъалъ цӏакъ цебетӏураб. Каримуллагьил хӏаракаталдалъун, жидерго хъизамалъул ансамбльги гӏуцӏун букӏана гьез. Дол соназда гьеб цебе бахъунаан республикаялъул батӏибатӏиял дандеруссиназда, бихьизабун букӏана телевизоралдасанги.\nКаримуллагьицаги хъизан Хӏулайматицаги тарбия кьун гӏезаруна анкьго лъимер – щуго ясги кӏиго васги. Кӏудияв вас Мухӏамад хӏалтӏана улкаялъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул (ФСБ) хъулухъалда, гьабсагӏат мустахӏикъаб хӏалхьиялда вуго. Кӏиабилев вас Муртуз (Муртазагӏали) вуго – вутакалда кӏалъазе махщел бугев, бокьараб тадбиралъе цебехъанлъи гьабизе бажарулев, гӏолилазе насихӏат гьабизеги гьунар бугев инсан. Гьонодисезул бокьараб берталъе дун кканиги, гьенив тамадалъун ватула дида Муртуз, ва гьеб уна берцинго, аваданго. Дихъеги гӏемерав вачӏуна, кидаго щулияб бухьен букӏуна. Гьесулъ бессун буго инсул букӏараб тӏабигӏат.\nКаримуллагь-хӏажица тӏубазабуна партиялъ тӏадкъараб хъулухъги. Гьев вукӏана районалъул комсомолазул секретарь. Жакъа чиясде гӏайиб гьабизе бигьаго букӏуна, диналде данде чӏараб хӏалтӏи гьабунин гаргадулел камуларо. Амма кӏудияб улкаялъул сиясаталде данде рахъун, гьитӏинаб росулъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазул къуват гӏоларо. Каримуллагьица гьабуна гьеб хӏалтӏи, амма дида жакъа ракӏчӏун абизе кӏола гьесул рекӏелъ кидаго вукӏанин Аллагьин абун. Гьеб нилъеда бихьана 90-абилел соназда районалъул имамасул хъулухъ тӏубазе гьес байбихьарабго. Гъунисел диналъе дагьал кӏвахӏалал чагӏи рукӏана. Каримуллагьихъа бажарана районалъул гӏадамал цолъун, гъункун диналде, Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталде руссинаризе. Гьесул хӏаракаталдалъун Гъуниб бана мажгит, районалъул росабалъ лъималазда малъизе байбихьана Къуръан. Гъуниб районалъул бокьараб росулъ кинаб бугониги диналда хурхараб тадбир тӏобитӏулеб батани, гьенив кидаго Каримуллагь-хӏажи ватулаан тадбиралъе нухмалъи гьабулев, гӏолохъабазе насихӏат цӏалулев, гӏадамал сверухъ ракӏарулев. Гьединаб гьунар кьун букӏана гьесие Аллагьас. Каримуллагьица гьабураб хӏалтӏулги, нахъе тараб ирсалъулги гӏемераб жо абизе бегьула. Гьелъие мустахӏикъавги вукӏана гьев. Амма дие гьаб ракӏалдещвеялъул ахиралда абизе бокьун буго, Каримуллагь дир рекӏелъ хутӏанин абадияв мугӏалимлъун. Жакъа гьев ракьалдаса аниги, чан сон дица жеги дунялалда баниги, дие гьев хутӏизе вуго мугӏалимлъун. Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги.\nКаримуллагь-хӏажи хванин рагӏидал, зигара бараб гьадинаб кагъат битӏун бачӏана редакциялде, чанго соналъ «Ас-салам» газеталда гьевгун цадахъ хӏалтӏарав Шамил Мухӏидиновасги:\n— Дагъистаниязул, хасго магӏарулазул ракӏал пашман гьаруна, нилъедаса машгьурав журналист, хъвадарухъан, шагӏир ва насихӏатчи, Гьонодаса Каримуллагь-хӏажи ватӏалъиялъул хабаралъ.\nИнна лиллагь ва инна илайгьи раджигӏуун, фа-л-хӏукму лиллагьил-гӏалиййи-л-кабир. Аллагьумма-гъфирлагьу, вархӏамгьу! Аллагьас битӏараб нухда тӏовитӏун ватаги!\nМунагьал чураяв Каримуллагь-хӏажи вукӏана гьунар бугев, исламияб иш цебе бачине къеркьолев чи гуревги, лъикӏав ИНСАН, иман щулияв муъминчи, адабалъе, инсанасе пайдаялъе вахъун чӏарав, божарав гьудул, ракӏ гӏатӏидав гьобол. Аллагьас мунагьалги чурун, Алжаналда, жинца жидер хӏакъалъулъ тӏахьал хъварал исламиял церехъабазда, вализабазда ва устарзабазда цадахъ вахъинавеги.\nДирго ва дирщиназул рахъалдасан гъваридаб пашманлъиялъул зигара балеб буго гьесул хъизан Хӏулайматида, вас Муртазагӏалида, яс Патӏиматида, тӏолалго гӏа-гаразда, божаразда, гьев лъалев вукӏаралщиназда, гьесул рикӏкӏен гӏемерал гьудулзабазда, гьалбадерида. Гьесул гӏакъилаб каламги, кепаб накъитги, нахъаса къотӏи гьечӏеб насихӏатги камун хутӏаразда.\nИншааллагь, гьес хъван нахъе тарал рикӏкӏен гӏемерал тӏахьаз, магӏна камилал макъалабаз, гьеб ками дагьаб бигьа гьабила. Нахъеги Аллагьасда гьарула, Каримуллагь-хӏажие лъикӏаб ахират ва нахъе хутӏаразе сабру!\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "16519-ayataz-guroni-sakhl-ularel-giuzrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16519-ayataz-guroni-sakhl-ularel-giuzrabi", "title": "Аятаз гурони сахлъуларел гӏузраби", "date": "2022-03-17 10:56:12", "categories": ["history"], "text": "Нилъее балъгояб жо гуро Аллагьас инсанги, малаикзабиги ва женалги рижун рукӏин. Жундузда кӏола инсанасул чорхолъе лъугьинеги. Кинха гьездаса цӏунилел? Щиб нилъеда лъазе тӏадаб бугеб? Ва кин гьел чорхолъа инарилел? Гьел суалазе баян кьезе кумек гьабуна Къуръан цӏалун гӏадамал сах гьарулев Будунов Мухӏамадхӏабибил кумекчӏужулъун хӏалтӏулей Мухӏамадова Гӏаишатица.\n— Гӏаишат, Къуръаналъухъ гӏенеккизе нужехъе рачӏунел руччабазул гӏарз сунда тӏасан букӏунеб?\n— Щияй кӏиабилей чӏужугӏаданалъул гӏарз буго рокъой росас къварид гьаюлей йигин абун. Букӏинчӏеб бакӏалдасан хъизамалда дагӏба цӏикӏкӏин, тӏаде руччаби рачин, щаян абуни, камулел гьечӏо гьезул гьоркьоблъи хвезабулел цоги руччабиги. Цо чи берцин вихьани, масала, цо-цо чӏужугӏадан, сундухъго балагьичӏого уней йиго «балъголъи лъалел чагӏазухъе». Гьез женал мукӏур гьарулел руго жидерго макрабазде. Масала, гьев чиясул ретӏунеб ратӏлил чӏорто, рас, малъ, кун-квар, гьездаса гьарулел руго гӏакълу сверизабулел жал, ракьулъ рукъун, бакӏ-бакӏалда лъун ва гь.ц. Цӏакъго зарал цӏикӏкӏараб ккола кваназе ва гьекъезе рокьукъаб жо кьей. Цинги рос лъугьуна лъадудехун хъачӏав, рокъове вуссине бокьуларевлъун, бербалагьи дагьавлъун, ай гьев тӏуванго хисула. Гьел гӏадамазухъе арал ва гьезул палазда божарал чагӏиги къосуна ва ширкалде ккола.\n— Къуръан цӏалиялъухъ гӏенеккизе рачӏунел руччабазулищ цӏикӏкӏараб къадар бугеб, бихьиназулищ?\n— Дун хӏалтӏизе байбихьаралдаса буго лъабго сон. Гьеб заманалда жаниб къойидаса къойиде цӏикӏкӏана руччабазул къадар. Рачӏуна рикӏкӏадал районаздасаги, шагьараздасаги, гӏисинал-чӏахӏиял батӏалъи гьечӏого. Щай гӏемерлъулел ругел руччаби? Щайгурелъул букӏине кколедухъ исламалъул рукнаби тӏуразарунгутӏиялъ, лъазе тӏалаб гьабунгутӏиялъ. Битӏун бицани, гӏемер рачӏуна бетӏер, рас церелъурал, малъал релъарал, къаркъала бахчизе кколеблъицин лъаларел, как баларел руччаби. Ясаз, руччабаз социалиял гьиназда суратал лъеялъулги буго кӏудияб зарал, масала, берккей, сураталда балагьун сихӏру гьаби. Тохго чӏаразда гьеб унти цӏакъ хехго ккола. Хӏатта цӏунакъараздацин ккезе рес буго унти, нагагьлъун тохлъизе чӏани.\n— Кин лъалеб инсан женалъ ккун вугеблъи? Медицинаялъ щиб абулеб гьелда?\n— Гьеб загьирлъула как ахӏулеб яги Къуръан цӏалулеб рагӏидал, инсан хӏал хисун лъугьиналдалъун. Гьесие захӏмалъула гьеб хӏехьезе, гьев ахӏдола, гӏодула, велъула, гьаркьал гьарула, цо-цояз гӏодоб бакӏ бухула, хӏатта гӏакълуялдасагицин уна.\nМедицинаялда гьеб лъазе кӏоларо, нилъеда рагӏана чанги абулеб, хал гьабунила, щибго батичӏилан. Амма щибго лъазе кӏвечӏониги, инсанасулъ ратула, дараби кьуниги, гӏодобе ккезабизе кӏолареб цӏа-кан яги цоги санагӏалъи гьечӏел, нилъ хадур гъоларел гӏаламатал унтаби. Гьеб кколаха женазул руккалилъе ккей.\n— Кинаб батӏалъи бугеб бер ккеялда ва женаз кквеялда гьоркьоб?\n— Бер ккуразул рукӏуна гьадинал гӏаламатал: Къуръан цӏализе байбихьидал, гьезул магӏу чвахула, бетӏер унтизе ва сверизе байбихьула, жанисан каранда хӏалуцин багъарула, рекӏел кьаби хехлъула, гьакӏкӏадизе, гӏодизе журала, мугъзада ва каранда хӏенсолеб гӏадинаб унти байбихьула. Гьеб кинабго унти тохтурзабазухъа диагноз лъун бажаричӏони, гӏемерисел рачӏуна нижехъе ва, цӏалидал, загьирлъула сундаса гьеб бугебали. Бер ккола ракӏ чӏегӏерав чиясул рос-лъадул берцинаб гьоркьоблъи бихьидал. Гьединлъидал лъикӏаб буго цоцазул лъикӏал гӏамалал рахчун тезе, цоцаца цӏунизе, тӏадаб буго цӏодорго рукӏине.\nБер букӏуна жахӏда цӏикӏкӏун, чи рихун, ракӏ чӏегӏерлъун кколебги. Гьединго бер букӏуна берцин рихьун, чӏухӏи-пахрулъи рекӏелъе бачӏун кколебги, масала, эбел-инсул лъималазда кколеб гӏадин. Эбел-инсуда жидер лъимер цӏакъго берцин бихьулелъул, гьезул берги букӏуна гьелдаго рекъон захӏматаб. Нилъер Аварагас (с.гӏ.в) абун бугелъул «Ахир заманалда жиндир умматалъул цӏикӏкӏарасел гӏадамал бералдаса хвезе ругин». Гьедин бугизеги буго – халкъ чӏвалеб буго бералъ. Жиндир заманалда сах гьабичӏони, гьеб нилъ хвезабулеб жоялде сверула.\nЖеназул заралги бигьаяб иш гуро. Цӏикӏкӏарасел руччабазе зарал бугеб ва руччабазда гьоркьоб тӏибитӏараздасан ккола рокьи ккараб жен. Гьеб ккола чӏужугӏаданалъ гӏужда как бангутӏиялъ, хӏажатханаялде бетӏер бахчичӏого иналъ, кечӏ-бакъаналъухъ гӏемер гӏенеккиялъ, тӏад ретӏел гьечӏого матӏуялъуе балагьиялъ. Гьединал руччабазе бокьула бецӏаб бакӏ, жалго жидедаго, цогидаздаса батӏатӏун чӏей. Лъидаго кӏалъазе бокьунгутӏи, гьезулъ гӏемерлъула ццим бахъин, зигарди.\nЖен букӏин тӏатуна кӏиго батӏияб куцалда: рорчӏун рукӏаго, къад заманалъ ва кьижидал, макьилъ. Къад тӏатунел гӏаламатаздасан ккола гьей гӏаданалда жиндирго цӏар ахӏулеб рагӏи, хӏатта щивго чи аскӏов гьечӏониги. Лъачӏого, нуцӏа рагьун бачӏин, рокъор чирахъал гӏемер рухӏи, чиясул галабазул гӏадаб сас чӏвай ва гь. ц. Макьилъ бихьулеб ккола макьилъ къваригӏел гьечӏел жал рихьи, масала, гӏадамазул гӏицӏал къаркъалаби, борхьал, гьаби, кутул, рокьукъал жанаварал ва инсан хӏинкьизавулел батӏи-батӏиял макьаби. Гьелда ракӏалде ккезе рес буго хӏухьел цӏалев чи аскӏов вугев гӏадин, гьечӏонигицин. Рокьи ккараб жен (жинул гӏащикъ) нахъе хъамизеги цӏакъ захӏмат букӏуна: заман бала, халат бахъуна.\nГьединал женазул цоги кӏудияб заралалдасан ккола гӏолохъанал ясазе ригьин бухьин. Гьей яс яги чӏужугӏадан чӏола росасе инарин, гьел лъугьуна тӏубан бихьинал рихараллъун. Чан батӏияв чи вачӏаниги, гьез киналго нахъ чӏвала. Гьел женаз ккурал руччабазул сахлъиги загӏиплъула, гӏамалги мекълъула, какие кӏвахӏаллъула, кьижи гӏемерлъула. Бигьаяб жо гуро гьеб.\n— Кин цӏунилел ва сах гьарилел гьеб киналдасаго?\n— Лъазе ккола исламалъул рукнаби. Жиндир заманалда, гьоркьоб течӏого, как бай, какичуриялда даимлъи, какичуриялда квен гьаби, Къуръан цӏали (хасго цӏикӏкӏараб къуват букӏуна жинцаго цӏалиялъул), салават битӏи, Аллагь рехсеялда мацӏ даим гьаби – гьеле женаздаса цӏуниялъе дару. Къуръан цӏализе жиндаго лъалеб батичӏони, гӏенеккизеги бегьула. Радал-бакъанида азкарал гьаризеги лъикӏаб буго. Матӏуялъуре балагьулелъул, ретӏел хисулелъул цӏалулел дугӏаби лъазе рихьизарун руго. Хӏажатханаялде, хъублъи бугелъуре иналде цере «Агӏузу» бахъизе ккола, тӏокӏаб жо лъалеб гьечӏони. Къасимехалъ къватӏире инеги лъикӏаб гьечӏо, хӏал кӏванагӏан, хасго руччабигун лъимал. Гьедин ругони, цӏунун рукӏина.\nНижехъе рачӏаразде тӏаде Къуръан цӏалула, гьекъезе кьола Къуръаналъул аятал тӏаде цӏалараб Замзамалъул лъим, гъорлъе сидрги бан, бахине ва гьекъезе зайтуналъул яги ганзиралъул нах бихьизабула, аятал тӏаде цӏалараб. Щияй чӏужугӏаданалъул рекӏел хӏалалда рекъон букӏуна гьабулеб даруги. Мадар гьабула ралъдал цӏамул лъелъ чвердеялъги. Цӏакъ лъикӏаб буго гьеб цӏамул лъеца рукъалъул чӏабар, рагьумахӏу чуризе, рокъоб бахур, хӏармала (могильник) абураб чӏахӏ-хер бухӏизе. Лъикӏаб буго сура «Бакъара», «Асс-сафат», «Жин», «Ясин» ва цогидалги аятал рагӏиледухъ рокъоб цӏализе яги гӏенеккизе.\nТамари ХӏАСАНОВА"}
{"slug": "16629-tiade-vakh-un-shamil-vachiuna-dikh-e-dun-dova-gechiilan-dun-ganiv-vugin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16629-tiade-vakh-un-shamil-vachiuna-dikh-e-dun-dova-gechiilan-dun-ganiv-vugin", "title": "«Тӏаде вахъун Шамил вачӏуна дихъе, дун дова гьечӏилан, дун гьанив вугин»", "date": "2022-03-24 08:54:44", "categories": ["rel"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул жакъасеб номералдаса байбихьун нижеца рагьулеб буго Имам Шамилие сайигъат гьабураб хасаб рубрика. Исана 225 сон тӏубала гьев гьавуралдаса. Гьелда бан, гьаб сон ахиралде щвезегӏан гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе руго республикаялда. Гьелъул хӏакъалъулъ бицине 17 марталда редакциялде рачӏун рукӏана имам Шамилил цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб Фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевги, Халкъияб Собраниялъул депутатал — Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовгун Султӏан Ибрагьимов.\nКӏудияв имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул аслияб тадбир тӏобитӏизе буго гьев гьавураб къоялъ, ай 26 июналда. Тӏобитӏизе буго кӏудияб конференция. Турциялдаса, Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса ва цогидалги пачалихъаздаса гӏемерал гьалбал рачӏине руго республикаялде. Гьединго ракӏалда буго имамасул юбилеялда хурхун батӏи-батӏиял спортивиял тадбирал тӏоритӏизеги.\n— Ичӏго министрасда аскӏов гӏодовги чӏун, чанго сагӏаталъ дандги бан хӏадур гьабураб программа буго нижер гьеб, — ин бицана Гӏалиасхӏаб Хархачаевас. — Спорталъул министр Сажид Сажидовасухъе щведал, кинабго дандбан хадуб, жиндирго заместителалги ахӏун гьезда цебе чӏванкъотӏараб суал лъуна гьес гьаризе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ. Будун Будуновас абуна гӏолохъабазда гьоркьоб футболалъул рахъалъ лъикӏаб турнир тӏобитӏизе бугин абун. Гьединго республикаялъул Культураялъул, Туризмалъул ва Миллияб политикаялъулгун диналъул ишазул рахъалъ министерствабазги кӏудияб гӏахьаллъи гьабизе буго гьел тадбиразда.\nИмамасе си щай?\nРедакциялда букӏараб данделъиялда борхана имам Шамилие памятник лъеялъул суалги.\n— 1997 соналда имамасе памятник лъезе бугин суал борхидал, гӏемерав чи дандечӏана, ахӏи-хӏур гьабуна. Гӏали-хӏажи Сагидовасул проекталда рекъон, Алма-Атаялда хӏадур гьабураб памятник букӏана къачӏан, цохӏо гьеб лъей гуреб жо букӏинчӏо. Амма диниял хӏаракатчагӏаз «бегьуларин, лъоларинги» абун, гӏемерав чиги дандечӏун лъечӏо Шамилие памятник.\nХушеталда, имам Шамилил цӏаралда паркги рагьизе, гьениб монументги эхетизе бокьун букӏана. Гьабугейилан абулеб гьечӏо, амма гьабизе биччалебги гьечӏо. Дунги бусурбанчи вуго, Къахӏиса Хӏасан устарасул (къ.с.) яцгӏал кколаан мунагьал чураяй дир кӏудияй эбел. Гьединлъидал чӏахӏиял чагӏазда, цӏаларал гӏадамазда тӏадги вахъун, гьезул адаб хвараб жо ккелин хӏинкъун, щибго абизе дидаги кӏолеб гьечӏо. Гьедин, нилъерго гӏайибаздаса хӏинкъун, гьез-доз «квалквал» гьабун хутӏун руго нилъ жакъаги Шамилие памятникги лъезе кӏоларого, — ян абуна Гӏалиасхӏаб Хархачаевас.\nСагӏудиязул Гӏарабиялда памятник лъезе бегьулеб, нилъер гьаниб лъезе щайин бегьуларебин абун кӏалъана бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаев.\n— Гьале Мухӏамад Гӏумарович, (аскӏов гӏодов чӏун вукӏарав Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовасде кверги битӏун), Анкараялде ун доба рагьана гьасул хӏаракаталдалъун Шамилие памятник, — илан жаваб кьуна гьелъие Гӏ. Хархачаевас. — Щай бегьулареб, бегьула, амма бихьулищха, дандечӏарав чи камулев гьечӏо\n— Гӏалиасхӏаб, Шамилил цӏаралда бугеб Фонд букӏин бичӏчӏун буго, амма цохӏо гьесул бицинчӏого, Гъазимухӏамадгун Хӏамзат имамзабазул тарихалда хурхун щиб хӏалтӏи гьабулеб нужеца?\n— Цӏакъ битӏараб суал кьуна дуца. Гьал къоязда дихъе рачӏун руго Турциялдаса гьалбал. Тӏоцебесеб иргаялда, дица гьел рачана Гъазимухӏамад имам шагьидалъараб бакӏалде, гендерил къварилъухъ бугеб зияраталде ва кинабго гьесул хӏакъалъулъ нилъехъе щвараб баян бицана гьезие. Амма гьезда жидедагоги гӏемераб жо лъалеб батана гьесул хӏакъалъулъ ва гьелъги кутакалда ракӏ бохизабуна дир. Битӏараб буго, бицине ккола цогидал имамзабазулги. Цохӏо Шамилил бицун тезе гьечӏо нижецаги. Июналда тӏобитӏизе бугеб конференциялда бицине буго Гъазимухӏамадилги, Хӏамзатилги, наибзабазулги, гъазизабазулги, муридазабазулги хӏакъалъулъ. Гьел киналго рукӏинчӏелани, Шамилги вукӏинароан, гьеб бичӏчӏизе ккола нилъеда.\n— Фондалъул цеве вукӏарав нухмалъулев Дибир Мухӏамадовасул цӏаралда Махӏачхъалаялда аллея рагьизе бугинги букӏана хабар.\n— Букӏана. Нижеца гӏемер борхараб суал буго гьебги. Амма жеги рагӏалде бахъинчӏо. Гьединго нижее бокьун букӏана тахшагьаралъул, Ленинил Комсомолазул цӏаралда бугеб паркалъеги Шамилил цӏар кьезе. Р. Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъун вугеб мехалъ хьул букӏана нижер гьеб суал гӏумруялде бахъинабизе, гьесда кӏолаан гьеб тӏубазеги, щайин абуни гьев вукӏана Шамилил тарихги лъикӏго лъалев, гьесул къиматги гьабулев чи. Амма нилъер, магӏарулазул квеш ккараб жо буго гьадинаб. Мисалалъе, Гӏалиасхӏаб Хархачаев Шамилил фондалъул президент вугелъул, тӏоцебе дидаги хадуб цогидаздаги ккола гӏумруялъго гьесухъ букӏунин гьеб хъулухъ абун. Гьедин ккана Рамазанилги. Гьев думалъго республикаялъул бетӏерлъун вугеб гӏадаб пикру букӏана магӏарулазул. Гӏабдулатӏиповги ана, гьесде рукӏарал хьулалги тӏурачӏого хутӏана.\nИмамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал…\n— Юбилеялда хурхун гӏемераб хӏалтӏи гьабизе букӏин бихьулеб буго Фондалъ. Амма жидецаги кӏвараб кумек гьабилин абулев цониги депутат, хӏаким, министр кӏалъанищ духъе?\n— Гьересийищ дуда бицинеб, битӏараб жавабищ кьелеб, — ин махсара гьабуна Гӏ. Хархачаевас. — Имам Шамилил фонд гӏуцӏарабго, микьго соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна мунагьал чураяв Дибир Мухӏамадовас. Гьев хваралдаса нахъе исана чан сон ун батаниги, гьел киналго соназ фондалъе бергьун кутакалда квербакъарав чи хӏакимзабазул цохӏо Сайгидпаша Гӏумаханов гурони ккечӏо. Фондалъе гӏарацги гьес кьола, хӏатта дунго рекӏине машинацин кьуна гьес дие. Амма дир бищун квешаб «унти» буго дун жеги гъурущ гьарун цониги чиясда аскӏове инчӏолъи. Гьале Мухӏамадида (Кӏудиямухӏамадов) лъала гьеб. Нилъер магӏарулал гьабулеб ишалъе кумек гьабуларел, пайда гьечӏел чагӏи рукӏинчӏо киданиги, гьанжеги гьечӏо. Гьале кватӏичӏого Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Мухӏамадовасулгунги букӏине буго дандчӏвай, гьесги кумек гьабизе рагӏи кьун буго. Гьединго ракӏалда буго, гӏагараб заманалда Халкъияб Собраниялда ругел нилъер киналго депутаталги ракӏарун, цадахъ гӏодорги чӏун гьабулебтолеб дандбазе, — янги бицана Хархачаевас.\nКино…\nРедакциялда букӏараб данделъиялда гьединго борхана Турциялъул кинокомпаниялъ, Tekden Film абураб студиялда имам Шамилил хӏакъалъулъ бахъизехъин бугеб киноялъул суалги. 60 серия бугеб кӏудияб фильм хӏадур гьабизе ракӏалда бугин гьездаян хабар бачӏун букӏана чанго моцӏалъ цебе. Магӏарулазул шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаевги ахӏун рагӏулин гьез консультантлъунин букӏана гьебго баяналда абулеб. Имам Шамилил хӏакъалъулъ Хӏамзаевас хъварал тӏахьал лъикӏ къабул гьаруна магӏарулаз. Фильм бахъулел чагӏаз гӏакълучилъун гьев ахӏун ватиги гӏемерисезе цӏакъ рекӏее гӏун букӏана. Амма гӏемер кватӏичӏого Телеграм каналалда хабар бачӏун букӏана Хӏамзаевас инкар гьабун рагӏулин гьелдасаян абун.\n— Имам Шамилил кино бахъизе тӏаде босараб киностудиялъул хважаин дида лъикӏго лъалев, кидаго диргун бухьен бугев чи вуго. Гьеб киностудиялдеги щвана дун. Дунялалда цоги гьадинаб бугодайин кколеб, цӏакъ бечедаб студия буго гьезул. Имам Шамилил кино бахъизе декорациялги хӏадурун руго гьез. Хӏатта гьанире, Дагъистаналде рачӏинчӏонигицин, тӏолабго кино бахъизе бажарулеб сурсат буго гьез чӏезабун. Хӏадурун буго Ахӏулгохӏалъул макетги. Дирго бералда бихьана гьеб кинабго. Кино бахъизе 20 миллион гьез, 20 миллион нилъеца кьезе къотӏи-къаялги гьарун рукӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ пресс-конференцияги кьуна нижеца Турциялда. Фильмалъул гӏакълучилъун Хӏамзаев вукӏине вугин бицун букӏана гьениб. Хадуб дихъеги щвана хабар гьес инкар гьабун рагӏулин консультантлъун вукӏинеян абун.\n— Нилъецаги 20 миллион биччалеб батани гьеб кино бахъизе, кигӏанасеб къадар гьелъул хайирлъизе бугеб?\n— Кинабго гӏарцул ва гьелъ кигӏан къадаралъ хайир кьезе бугебин абун хӏадур гьабураб смета буго гьезул (турказул). Дун божула гьелъ хайир кьезе букӏиналда, щайин абуни, цереккунги рахъарал «Эртугрул ва «Великолепный Век» гӏадал кинофильмал гӏадамаз кин къабул гьаруралали нилъеда бихьана. Мисалалъе, «Эртугрул» абураб киноялъ цебего нусго нухалъ бецӏана, бахъулеб мехалъ жиндаго тӏад хвезабураб гӏарац.\nИмам Шамилил хӏакъалъулъ турказул кинокомпаниялъ фильм бахъизе байбихьизе буго исана апрелалда. Гьелгун цадахъ хӏалтӏизе инкар гьабунин абураб хабар уяб бугищ, батани гьелъие кинаб гӏилла букӏарабин абун цӏехезе, Мухӏамад Хӏамзаев гӏагараб заманалда редакциялде ахӏизе пикру ккана нижер.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "16630-informatsiyal-ul-va-pechatal-ul-agentstvoyal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16630-informatsiyal-ul-va-pechatal-ul-agentstvoyal-ul-tsiiyav-nukhmal-ulev", "title": "Информациялъул ва печаталъул Агентствоялъул цӏияв нухмалъулев", "date": "2022-03-24 09:07:13", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда информациялъул ва печаталъул рахъалъ цӏигӏуцӏараб ДРялъул Агентствоялъул нухмалъулевлъун тӏамуна Гӏабдуразакъ Жамалудинов. Гьелде щвезегӏан гьев кколаан гьебго идараялъул нухмалъулесул (информациялъул ва печаталъул министрасул) гӏакълучи.\nМинистерствоялде вачӏинегӏан Жамалудинов хӏалтӏана Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министерствоялда, гӏиси-бикъинаб ва гьоркьохъеб даран-базаралъул рахъалъ гӏуцӏараб комитеталда. Гьединго нухмалъи гьабуна юридикияб централъе.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула Гӏабдуразакъ Жамалудиновасда гьеб тӏадегӏанаб хъулухъ. Гьарула хӏалтӏулъ икъбал ва цебетӏей."}
{"slug": "16632-zhamagiatal-ul-gaza-kurda-rekiuneb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16632-zhamagiatal-ul-gaza-kurda-rekiuneb", "title": "Жамагӏаталъул газа кьурда рекӏунеб", "date": "2022-03-24 09:08:36", "categories": ["kkara-tar"], "text": "2022 соналъул 26 марталда, сагӏат 10-ялда, байбихьизе буго умумуз цебе бахъун букӏараб, гьанже цӏиял тӏалабазда рекъон, росабазул жамагӏатазул гӏарцухъ бахъулеб бугеб Бузнаса нухалъул кӏиябго рахъ данделъулеб бакӏалда, киналго магӏарул районазул вакилзаби данделъараб тадбир.\nХӏурматиял диналъул вацалги яцалги, районазулги росабазулги бутӏрул, имамзаби, хъулухъчагӏи, бизнесчагӏи, спортсменал, сахаватал муъминзаби! Нужерго беразда нухлуе гьабун бугеб ва жеги гьабизе бугеб кӏудияб хӏалтӏиги бихьизе, гьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабеян гьари буго.\nНух балеб бакӏалде кьураб садакъаялъул хиралъи лъаларев чиги нилъеда гьоркьов ватиларо, мурад буго кинавго чиясда гьелъул хӏакъалъулъ лъазабизе ва щивасе, цо гъурущ букӏаниги, гьенибе ккезабизе рес кьезе. Бокьун буго, гьениб гьабулеб хӏалтӏуе нухмалъулезе, квербакъулезе, техникаялда хӏалтӏулезе, нух бахъизе жидерго ракьал кьурал гӏадамазе ва росабазе баркала кьезе ва дугӏа гьабизе.\nОРГКОМИТЕТ"}
{"slug": "16633-dag-istanal-ul-betierav-kaznachej-giabdulpatakhi-giamirkhanov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16633-dag-istanal-ul-betierav-kaznachej-giabdulpatakhi-giamirkhanov", "title": "Дагъистаналъул бетӏерав казначей — Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов", "date": "2022-03-24 09:13:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "22 марталда Федералияб Казначействоялъул ДРялда бугеб Управлениялъул (УФК) нухмалъулевлъун тӏамуна экс-премьер Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов.\nГьеб мурадалда Махӏачхъалаялде вачӏарав Федералияб Казначействоялъул нухмалъулесул заместитель Эли Гӏисаев дандчӏвана ДРялъул бетӏер Сергей Меликовгун. Гьеб дандчӏваялда вукӏана хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги.\nСергей Меликовас Эли Гӏисаевасда абуна бицен гьабулеб хъулухъалде Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов тӏамизе рахъккуралъухъ гьев жанив хӏалтӏулеб идараялдасаги Россиялъул финансазул министр Антон Силуановасдасаги кӏудияб разилъи бугин жиндир.\nГӏабдулпатахӏ Гӏамирханов УФКялъул нухмалъиялда теялдалъун жидееги бигьалъизе бугин республикагун цадахъ рекъон хӏалтӏизе, гъалатӏал ккечӏого, кӏуди-кӏудиял проектал тӏуразе бажаризе рес букӏинилан Гӏисаевасги тӏаде жубана.\nГьелдаса хадуб УФКялъул коллективалда Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов вихьизавизе гьениве ана хӏукуматалъул председателасул заместитель Руслан Гӏалиевги.\nЦевехун бицен гьабурав Эли Гӏисаевасда цадахъго гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Чачан Республикаялда ва Ингушетиялда УФКязул нухмалъулеллъун ругел Гӏабдул Мухӏамадовги Ильяс Угурчиевги.\nГӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасде щвезегӏан ДРялда бугеб УФКялъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулаан гьабсагӏаталда гьесул заместительлъун вугев Исрапил Тӏинамухӏамадовас.\nPS. Казначействоялъул контора Россиялда гӏуцӏун букӏана Пётр Тӏоцевесесул заманалда, 1710 соналдаго.\nЦинги улкаялъул бетӏерлъуде батӏи-батӏиял пачазаби ккедалги советияб заман бачӏингунги, гьеб хъулухъалъул хӏалтӏулъ хиса-басиял лъугьун рукӏана. 1991 соналда абуни пачалихъалъул цогояб бюджеталъул бакӏалда баккана лъабго батӏияб даражаялъул бюджеталъул къагӏида.\n1992 соналда улкаялъул президентас кьураб буюрухъалда рекъон, Россиялда гӏуцӏана Федералияб Казначейство.\nДагъистаналда гьеб хӏалтӏизе лъугьана 1996 соналда."}
{"slug": "16634-sanktsiyalgi-dofgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16634-sanktsiyalgi-dofgi", "title": "Санкциялги «ДОФги»", "date": "2022-03-24 09:17:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Хӏакъикъаталъул» цебесеб номералда бицун букӏана республикаялъул хьитазул устарзабазул Ассоциациялъул вакилзабигун ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов дандчӏваялъул хӏакъалъулъ.\nГьелъие гӏиллалъун ккана къватӏисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хӏасилалда нилъехъе бачӏунеб къайи дагьлъизехъин букӏинги. Гьединлъидал нилъерго гьаниб гьабун бажарулеб къайи къватӏибе биччазениги бигьалъаби гьареян ахӏи балеб буго цоцо махщелчагӏаз.\nГьединазул цояв ккола «ДОФалъул» (Дагестанская обувная фабрика) директор ва бетӏергьан Фейсал Гӏалишаев.\n— Микьгониги сон буго «ДОФ» абураб брендгун нижецаго гьарурал хьитал Россиялъул регионаз- да гуребги, СНГялъул улкабаздаги ричулелдаса. Гьездаго релълъун, гьебго мугьруги чӏван, Китаялъ Казахстаналдецин рачӏун ратана гьел ричизе. Санкциял лъазариялдалъун гьоркьоб къотӏана къватӏисел улкабаздаса нижее бачӏунеб букӏараб къайи. Хьитал гьаризе къваригӏуна гьеб. Гьелда бан баккана цойги масъала. Чӏун хутӏун фабрикабигун, хӏалтӏудаса махӏрумлъизе бегьула гӏезегӏан гӏадамал. Дагъистаналда гьезул гӏаммаб къадар бахуна 10 азарго чиясде. Амма кигӏан нужее захӏмалъулеб бугониги, гьел чагӏи хӏалтӏудаса нахъе унгутӏиялъе ресал ратейин, импорт гьабун бачӏунеб гьеб къайиялда релълъараб къайи цоги бакӏалдасан балагьеян гьарана нижеда гъоб дандчӏваялда министр Низам Халиловас. Гьебго мурад нижерги буго. Амма кутакалда захӏматаб суал буго гьеб. Масала, Европаялдаса бачӏунеб букӏараб сырьё нижеца гьанже Турциялде яги нилъее санкциял лъечӏел цоги улкабаздеги бачӏинабун, босулеб буго. Гьелдаго цадахъ чанцӏулго бахинехъин буго гьелъул багьаги (50-80 проценталъ).\nМинистрас рагӏи кьуна лъагӏалие цо процентги гъоркь ккун, къарз хӏисабалда кьезе нижее пачалихъалъул гӏарац балагьизе.\nНижеца гьесда гьарулеб букӏана цо-цо налогаздасаги эркен гьареян. Амма гьеб федералияб даражаялъул суал кколин жаваб кьуна, — ян бицана «ДОФалъул» директор Фейсал Гӏалишаевас."}
{"slug": "16635-shamil-rajonal-ul-betierase-iznu-kuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16635-shamil-rajonal-ul-betierase-iznu-kuna", "title": "Шамил районалъул бетӏерасе изну кьуна", "date": "2022-03-24 09:19:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул Советский районалъул судалъ гьабураб хӏукмуги мекъаблъун рикӏкӏун, ДРялъул Верховный судалъ цӏидасанги Шамил районалъул бетӏерлъун хӏалтӏизе изну кьуна Мухӏамад Хӏасановасе.\nИсана лъагӏалил байбихьуда районалъул собраниялъул депутатаз гьев кӏиабилеб болжалалъги вищун вукӏана муниципалитеталъул бетӏерлъун. Амма Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъ байбихьараб цӏех-рехалда рекъон, Хӏасанов заманаялъ ватӏа гьавун вукӏана гьеб хъулухъалдаса.\nЦӏех-рехчагӏазул щаклъи буго Хӏебда бугеб ракь (1300 кв.м.) гьес жиндие тӏокӏ гьабун букӏиналда.\n«Молодёжь Дагестана» газеталъухъе щварал баяназда рекъон, гьеб рагӏула М. Хӏасанов районалъул бетӏерлъун ккезегӏан лъабго соналъ цебего букӏараб хӏужа. Гьединлъидал цӏех-рех гьабулез судалда бихьизабун гьечӏо гьабсагӏаталда хъулухъалда вукӏаго Хӏасановас гьеб цӏех-рехалъе квалквал гьабизе букӏиналъе рес кьолеб цониги далил."}
{"slug": "16636-620-mln-g-urushch-bik-iyalda-shchakl-i-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16636-620-mln-g-urushch-bik-iyalda-shchakl-i-bugo", "title": "620 млн гъурущ бикъиялда щаклъи буго", "date": "2022-03-24 09:20:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъул хӏалтӏухъабаз ккун вуго социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул рахъалъ гӏуцӏарал центразул вакилзаби.\nСакъаталги хералги гӏадамазе пачалихъалъ биччараб 620 миллионал- дасаги цӏикӏкӏараб гъурущ гьез жидеего тӏокӏ гьабиялда щаклъи буго цӏех-рехчагӏазул.\nГьелги ккола захӏматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул мурадалда гӏуцӏараб ДРялъул министерствоялъул цо хъулухъчи, гьединго Махӏачхъалаялда, Дербенталда, Казбек, Хьаргаби, Чӏарада, Гъизилюрт, Лак районазда ругел центразул хӏалтӏухъаби.\nГьеб гӏарац бикъун батун буго 2017-2018 соназда.\nЦӏех-рехчагӏаз гьеб хӏужа тӏатинабун буго захӏматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул ДРялъул министрлъун вукӏарав Расул Ибрагьимовасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб делоялъул цӏех-рех гьабулаго.\nЦӏиял харбал данде гьаруна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "16637-khiral-uleb-k-ajigi-chvanta-bitsat-gabulel-predprinimatelalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16637-khiral-uleb-k-ajigi-chvanta-bitsat-gabulel-predprinimatelalgi", "title": "Хиралъулеб къайиги чванта бицат гьабулел предпринимателалги", "date": "2022-03-24 09:25:45", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "«Дагъистаналъул правда» газеталъул конференц-залалда тӏобитӏараб данделъиялда бицана базараздагун тукабазда багьабазда сверухъ гьечӏеб низамалъул, предпринимателазул хӏалтӏул хаслъабазул ва гьезие, лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, пачалихъалъ гьабизе бугеб кумекалъул хӏакъалъулъ. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халиловги регионалъул даран-базаралъул сетазул вакилзабиги.\nФевралалъул ахиралдаса байбихьун къойидаса къойиде кинабго хиралъулеб буго. Гьелъие ккараб гӏиллаги киназдаго лъала.\n— Нижеца щибаб къоялъ мониторинг гьабула багьабазул ва базараздагун тукабазда бугеб къайиялъул, гьоркьоса къотӏи гьечӏеб бухьен букӏуна предпринимателазулгун. Кинабго хиралъулеб буго, хасго къватӏисел улкабаздаса бачӏараб къайи, амма ахӏвал-хӏал цӏакъго хӏалуцинабулеб буго жалго гӏадамаз. Цояз базараздаса нигӏматал, салоназдаса машинаби, даран-базаралъул центраздаса техника, тӏагӏел-алат лъугӏизе бугин гьерсал тӏиритӏизарулел руго, цогидал гьеб киналдаго хадур рортулел руго. Мисалалъе, Россиялда кигӏанги бугеб чакаралда сверухъ бахъинабуна ахӏи-хӏур, гьечӏеб бакӏалда рахинаруна багьаби, — ян абуна Н. Халиловас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, санкциял лъазарурал пачалихъаздаса бачӏунеб цо-цо продукция ва техника базараздаса лъугӏизе буго. Амма нилъеда гьеб хъинтӏизе гьечӏо. Россиялда гӏадамазе хӏажатаб кинабго гӏунги тӏокӏ бугин абуна министрас.\nНизам Халиловас лъазабуна лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалдаса пайдаги босун, чунтби риццат гьарулел предпринимателазе кьварараб тамихӏ гьабизе бугилан.\n— Гӏорхъолъа рорчӏун багьаби рахинариялъул хӏужаби ратани, кӏалъазе бегьула УФАСалде. Гьединал жавабчилъиялде цӏазе руго, — ян абуна промышленносталъулгун дармил министрас.\n«Зеленое яблоко» супермаркетазул сеталъул директор Кизтанум Гӏалиевалъ бицана февралалъул ахиралда жидер тукаби гӏадамаз рацӏцӏад гьаризе байбихьанин ва гьелда бан цо-цо нигӏматазда сверухъ гӏорхъичӏваялцин чӏезаризе кканин.\n— Коронавирусалъул пандемиялъул тӏоцебесеб карачел байбихьараб заманалдаго гӏадинаб ахӏвал-хӏал букӏана февралалъул ахиралдаги. Нахъраталиейинги абун гӏемераб къайи унеб букӏана гӏадамаз босун. Щивго ургъулев вукӏинчӏо цебесеб нухалъго гӏадин гьеб хвезе бегьулеблъиялда тӏад. Кванил нигӏматазул рахъалъ дефицит гьечӏеблъи бичӏчӏизе ккола халкъалда. Гьеб мехалъ кӏвезе буго багьабазда сверухъги низам чӏезабизе. «Зеленое яблоко» супермеркетазулаб сеталъ багьаби чӏезарула базаралъул хӏисаб гьабун. Нижго лъикӏал лъугьун багьаби рахинаризе нижеда кӏоларо. Гьединаб къагӏидаялда хӏалтӏулел ругони, тӏоцебесеб иргаялда, жавабиял идарабаз тамихӏалде цӏала, кӏиабизе, клиентазда рихуна», — ян абуна К. Гӏалиевалъ.\nГьединабго магӏнаялъул кӏалъай гьабуна «Эхнатон» супермаркетазул директорасул заместитель Гӏумар Мухӏудиновасги. Гьес абуна даран-базаралда аслияв чи клиент вугила, ва жидер мурад гьесие учузго къайи бичиги кколила.\n— Нижеца жакъа тукабазда багьаби рахинарулел ругони, метер къайи лъие бичизе бугеб? Гӏадамал учузаб балагьун цогидал бакӏазде инарищ? Нижеда гьоркьобги къец букӏунелъул. Гьединлъидал тукабазул хважаинзабаз ургъунго багьаби рахинарулин абураб жоялда нуж божуге, — ян абуна гьес.\nДанделъиялдаса хадуб ниж щвана цо-цо тукабазде ва хал-шал гьабуна гьенир ругел багьабазухъ. Пуланаб тукада нижеда «Дарман» продукция цӏакъго хира гьабун батана. Мисалалъе, цебе 85 гъурщиде букӏараб цо литр жанибе унеб рахьдал шишаялъул багьа бугоан 110 гъурщиде бахун. Гьебсагӏатго ахӏана рехсараб продукция къватӏибе биччалеб «Гъизлярагрокомплекс» компаниялде. Гьелъул экономист Заира Хӏажимухӏамадовалъ гьадин бицана:\n— Гьоркьохъеб къагӏидаялда босани, нижер продукция хиралъана ичӏго-анцӏго проценталъ. Нужеца рехсолеб тукада гьеб 110 гъурщиде щай бичулеб бугебали лъаларо ва гьелъул жаваб нижеца кьезе кколаро. Багьабазда сверухъ хӏалтӏи гьабулеб идара цоги буго.\n— Рахь-хӏан ккола Дагъистаналда хьихьулеб боцӏуца кьолел нигӏматал. Щай гьел цо-кӏиго гуреб, ичӏго проценталъ хиралъизе кколел?\n— Рахь жанибе тӏолеб шиша нижее гьабула къватӏисел улкабаздаса бачӏунеб кагътил. Гьеб гӏезегӏан хиралъун буго. Кагъат Россиялда гӏемер буго, амма рахь жанибе тӏун гьеб чанго къоялъ цӏунун бажарулеб даражаялъул гьаниб букӏунаро. Хӏисаб гьабеха, офисалъулабин абулеб А3 форматалъул кагъат 400 проценталъ хиралъараб заманалда рахь жаниб цӏунулелъулги багьа бахинарищ. Нижее бокьун букӏинчӏо продукция хира гьабизе, амма лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ тӏамуна, — ян абуна «Гъизлярагрокомплекс» компаниялъул экономисталъ.\nГьединго ниж щвана урбеч гьабулеб «Дидо» предприятиялдеги дандчӏвана гьелъул нухмалъулей Загьра Гӏабдурахӏмановагун. Гьелъ бицана арахисалъул, миндалалъул ва парсцӏулакьодул гьабулеб урбеч дагьаб хиралъанин.\n— Гьел нигӏматал нилъехъе рачӏуна къватӏисел улкабаздаса. Гъурщида данде доллар хиралъиялъ къватӏиса бачӏунеб киналъулго багьабиги «зодоре» рахунел руго. Щайила нужецагӏаги багьаби рахинарулел ругелин абун кӏалгьикъулелги ккола. Бичӏчӏизе ккола нижги базаралда рекъон хӏалтӏизе кколеллъи. Дагъистаналда рукӏунел нигӏматазул продукция нижеца жеги хира гьабичӏо. Амма багьаби цого бакӏалда чӏун хутӏиялда щаклъи буго.\nТемирхан ХӏАСАНОВ"}
{"slug": "16638-dag-istanal-ulgi-rugo-l-ikial-resal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16638-dag-istanal-ulgi-rugo-l-ikial-resal", "title": "Дагъистаналъулги руго лъикӏал ресал", "date": "2022-03-24 09:30:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏунги тӏокӏаб къадаралда хӏадурула Россиялда нахги чакарги, гьединлъидал базаралда гьел нигӏматал къанагӏалъизе ресго гьечӏо.\nГьедин лъазабуна ДРялъул росдал магӏишаталъулгун кванил нигӏматазул министрасул тӏоцевесев заместитель Шарип Шариповас.\n— Россиялда санайил хӏадурула семечкадул нахул анлъгогӏанасеб тонна, амма хӏалтӏизабула гӏицӏго кӏиго млн тонна. Ункъо млн тонна тӏокӏлъулаан ва гьелъул пуланаб бутӏа битӏулаан къватӏисел улкабазде бичизе. Лъагӏалида жа- ниб нилъер улкаялда хӏадурула щуго млн тоннагун анкьнусго центнер чакаралъул ва нилъецаго хӏалтӏизабула – щуго миллионгун анлънусго тонна, – ян бицана гьес.\nГьесул баяназда рекъон, нилъеца хӏалтӏизарулел аслиял кванил нигӏматал гӏезарула нилъерго улкаялда. Кӏиабилеб лъагӏел буго, къватӏисел улкабаздаса росулелдаса гьенире ричулел нигӏматазул къадар цӏикӏкӏиналдаса нахъе. Масала, 2021 соналде Россиялъул экспорталъухъ харж гьабуна 36 миллиардгӏанасеб доллар ва импорталъухъ щвана 34 миллиардгӏанасеб доллар. Гьединлъидал кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏо кванил нигӏматазул нахърател гьабизе. Гьел камун нилъ хутӏиларо. Гьабсагӏаталда квекӏенлъун кколеб буго нигӏматал тукабахъе щвезариялъулъ, ай тӏубазе ккола логистияб масъала.\n«Улкаялда дагьаб хӏалкъай букӏине рес буго росдал магӏишаталъе хӏажалъулел хьоназул рахъалъ. Гьеб рахъалъги гьабулеб буго хӏалтӏи – рекьизе къваригӏунеб къадаралда хьонал нилъерго улкаялда гӏезариялъул мурадалда. Гӏадамазда бичӏчӏизабизе ккола: хӏалуцараб ахӏвалхӏал гьечӏо ва кванил нигӏматазул базаралда ахӏи-хӏур гьабизе кколаро», — ян абуна Ш. Шариповас.\nРосдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезариялъе Дагъистаналда лъикӏал ресалги шартӏалги ругинги абуна гьес."}
{"slug": "16639-matsigun-madaniyat-tsogo-gakida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16639-matsigun-madaniyat-tsogo-gakida", "title": "Мацӏгун маданият – цого гьакида", "date": "2022-03-24 09:32:45", "categories": ["lit"], "text": "Миллиял мацӏал цӏуниялъеги гьел тӏагӏунгутӏиялъеги, лъималазда гьел кӏочонгутӏиялъеги ахираб заманалда гьабулеб бугеб кӏудияб хӏалтӏулъ хасаб бакӏ ккола Халкъиял театразги. Нилъер республикаялда буго гӏага-шагарго гьединаб 30 театр.\nАхираб заманалда кӏвар кьолеб буго гьенир гьарулел церерахъиназде, сценаялдасан умумузул гӏадаталги гӏамал-хасиятги рихьизариялде. Гьеб хӏалтӏи нухда бачунеб буго ДРялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул нухмалъулей Марита Мугадовалъ. «Миллиял мацӏал цӏуни — театразул бищун аслияб масъала ккола», — ян абула гьелъ кидаго.\nГьеб мурадалда дагьал церегӏан къоязда Лаваша районалъул Чӏугӏли росулъ тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда «Фазу — Дагъистаналъул рекӏелъ» абураб театралияб фестиваль. Гьенир гӏахьаллъана Лаваша районалъул анлъго росулъа театралиял коллективал.\nГьединго, 23 марталда Избербаш шагьаралда, Гӏумарла Батирайил цӏаралда бугеб Даргиязул музыкалиябгун драмаялъул театралда тӏобитӏана лъималазе театралияб фестивальги. Гьенир гӏахьаллъана Бабаюрт, Гъаякент, Хасавюрт районаздаса ва Гъизляр, Избербаш шагьараздаса коллективал.\nГьез рихьизарурал Фазу Гӏалиевалъулги Расул Хӏамзатовасулги асараздаса гӏуцӏарал батӏи-батӏиял инсценировкабаз киназего кӏудияб асар гьабуна. Гьелдаго цадахъ Хунзахъ ва Унсоколо районазул Халкъиял театразда хӏадур гьарулел руго Р. Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул кьучӏалда гӏуцӏарал театралиял постановкаби. Бищунго кӏвар кьезе кколеб жо буго гьел киналго постановкабазда гъорлъ гӏемерал гӏолилал гӏахьаллъулел рукӏин.\nТӏадехун рехсараб хӏалтӏул аслияб мурад буго умумузул гӏамалхасиятги гӏадаталги гӏолеб гӏелалда кӏочонгутӏи, рахьдал мацӏалда кӏалъай, гьел халкъияб творчествоялде гъорлъе рачин, лъикӏабги квешабги, батӏи-батӏиял лъугьабахъиназдалъун, сценаялдасан бихьизаби, жалго гӏураб ракьалде рокьи цӏикӏкӏинаби.\nМухӏамад ДУДУЕВ"}
{"slug": "16640-roki-kkarazul-murad-tiubana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16640-roki-kkarazul-murad-tiubana", "title": "Рокьи ккаразул мурад тӏубана", "date": "2022-03-24 09:35:26", "categories": ["lit"], "text": "22 марталда Авар театралда бихьизабуна «Росулъ ккараб кепаб иш» абураб спектаклялъул премьера. Пьесаялъул автор ккола хъвадарухъан Гӏарип Расулов, режиссер — ДРялъул мустахӏикъав артист Мухӏамадгӏарип Сурхатилов.\nЖакъа дунялалда бугеб ахӏвалхӏалалъ киназулго рахӏат хвезабун бугониги, зал занкӏан цӏун букӏана комедиялъухъ балагьизе рачӏараз.\nСпектаклялда бицунеб бугеб иш ккола магӏарул росулъ. Гьенир рорхун рукӏана кидаго кӏвар бугел хъизамалъулги, рокьулги, рукӏарахъиналъулги суалал.\nГӏолохъанал студентал Запирилги Мадихӏатилги рокьи ккун букӏуна цоцахъ. Амма Мадихӏатил эбелалъе бокьун букӏуна жиндирго яс рес бугев чиясе росасе кьезе. Ракӏалдаго гьечӏого, гьезухъе гьоболлъухъ рачӏуна шагьаралдаса гьалбал: эбелги васги. Кӏал бахьинай эбелалъги гьелъул «бабал Мухӏума» — васасги бицуна жидер гӏемер тукаби, квартира, машина, хирияб къайикъоно бугин шагьаралдайилан. Гьелда ракӏ бахиллъула Мадихӏатил эбел Гӏашурал.\nГьеб киналъго рахӏат хвезабула Запирил. Гьес цин гьезул машинадул гьакибурдул рахчула, хадуб, гьев «бахӏарав» тӏад вуссун иналъул мурадалда, полициялъуласул ретӏелги ретӏун, гьел ралагьизеги кумек гьабула. Спектаклялъул ахиралда, гьезда кӏола Гӏашура мукӏур гьайизе ва рокьи ккарал цолъула.\nАктераз махщалида, балагьарал божиледухъ хӏана жидерго ролал. Спектаклялъул аслиял героял рукӏана театралъул гӏолохъанал артистал Амина Гӏабдулатӏипова ва Ибрагьим Муртазагӏалиев, ва гьединго ролал хӏана Разият Дибировалъ, Амантула Къебедовалъ, Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъовас, Мухӏамадрасул Гъазимухӏамадовас, Ахӏмад Кӏудиевас ва Наира Хӏабибулаевалъ.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "16641-l-ikil-iyal-e-giorkh-i-bukiunaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16641-l-ikil-iyal-e-giorkh-i-bukiunaro", "title": "Лъикӏлъиялъе гӏорхъи букӏунаро", "date": "2022-03-24 09:39:36", "categories": ["gurkhiel-rakhimu"], "text": "Дагъистаналъул шагьаразда ва районазда тӏоритӏулел руго Донбасс ва Луганск халкъиял республикабазда гӏумру гьабун ругел гӏадамазе гурхӏел-рахӏмуялъул акциял.\nГьединаб акция тӏобитӏана Шамил районалдаги. Гьелъул хӏакъалъул гьадинаб баян кьуна райадминистрациялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Камил Мухӏамадовас:\n— Дагьалъ цебе нижеца тӏобитӏана муниципалитеталъул идарабазул нухмалъулезулгун, бизнесменазулгун ва росабазул бегавулзабазулгун данделъи. Гьениб хӏукму гьабуна бюджетиял киналго хӏалтӏухъабазул цо хӏалтӏул къоялъул харж гурхӏел-рахӏмуялъул акциялде биччазе ва гьелъухъ росарал кванил нигӏматал Донбасс ва Луганск халкъиял республикабазда гӏумру гьабун ругел ва къварилъиялде ккарал гӏадамазе ритӏизе.\nБакӏарана 639 азарго гъурущ. Гьеб гӏарцухъ кванил нигӏматал росана ва ритӏана Украинаялде. Гьединго райбольницаялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловас ритӏана 47 азарго гъурщиде дарабиги.\nТӏадехун рехсараб данделъиялда хӏукму гьабуна, кватӏизе течӏого, районалда ретӏел-хьит бакӏариялъул акция тӏобитӏизе ва гьебги битӏизе къварилъиялда ругел чагӏазе.\nГурхӏел-рахӏмуялъулаб акция тӏобитӏулеб буго Хӏебда росулъ гӏумру гьабун вугев Гъоркьа Бакълъухъа Пашаев Мухӏамадица. Гьес жиндирго кафеялда чӏорого кваназарулел руго Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулел рагъухъабазул гӏагарал чагӏи.\nМухӏамадил буго тӏагӏамаб квен хӏадурулеб, учузал багьаби ругеб, киданиги чӏобого хутӏулареб кафе. Гьес бицана гьел чагӏазул цо-цоял нечолел ругила чӏорого кваназе рачӏине, цогидал, хӏалица рази гьаризе кколел ругила кванихъ гӏарац кьечӏого тезе. Кваназе рачӏунезин абуни гьабулеб гӏаданлъиялъухъ Мухӏамадие баркала кьола ва жидер кумекалдасаги пайда босеян абула.\nТӏадехун рехсараб данделъиялда, киналго разилъун, къотӏи гьабуна районалда кванил нигӏматазул багьаби цӏакъго рахине риччангутӏизеги. Масала, цо моцӏрол болжалалда чадил багьа 25 гъурщидаса цӏикӏкӏине биччачӏого тезе, цогидал нигӏматазул багьабиги 13-18 процентазул гӏорхъода чӏезаризе.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "16642-kontseptsiya-k-abul-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16642-kontseptsiya-k-abul-gabuna", "title": "Концепция къабул гьабуна", "date": "2022-03-24 09:44:22", "categories": ["obrazovanie"], "text": "2022 сон Лъай кьеялъул лъагӏеллъун лъазабураблъиги ракӏалде щвезабун, Сергей Меликовас гьадин абуна, данделъи рагьулаго: «2022 соналда аслияб кӏвар кьезе ккола республикаялъул лъай кьей цебетӏезабиялъе квербакъулел масъалаби тӏуразариялде. Аслиял масъалабазул цояблъун буго хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамал гӏемерлъи. Гьебго заманалда цӏакъ хӏажат руго махщел камилал хӏалтӏухъаби. Гьединаб дандеккунгутӏиялъ бихьизабулеб буго нилъер гӏумруялъул батӏи-батӏиял рахъазда, гьезда гьоркьоб лъай кьеялдаги, масъалаби ругеблъи», — ян.\nРегионалъул нухмалъулес абуна, 2022 соналъул февралалда тӏобитӏараб Пачалихъияб Советалъ- ул президиумалъулги Гӏелмуялъул ва лъай кьеялъул рахъалъ советалъулги цадахъаб данделъиялда РФялъ- ул президентасги бицанила улкаялъул экономика кадрабаздалъун хьезабизе хӏажат бугин абун. Гьеб масъала тӏубазабиялъул мурадалда, Владимир Путиница лъазабуна министерствабаздагун ведомствабазул ва гӏелмиял центразулгун пачалихъиял вузазул ва хасал компаниязул хӏаракатги цолъизабун, щивасда жавабчилъиги тӏадкъазе кколин абун. Гьелде тӏадеги, кӏвар бугеблъун рехсана гьес гӏелмияб цӏехрехалдаса чӏванкъотӏараб ишалде гӏунтӏун ва гӏатӏидаб производство байбихьизегӏан халкквейги букӏине ккеялде. Гьединаб хӏалтӏул стратегия гӏуцӏиялъе кьучӏлъунги президентас бихьизабун буго РФялда къабул гьабураб Лъай кьей цебетӏезабиялъул концепция.\n«Щаклъи гьечӏо – гьел суалазулъ нилъеца мугъчӏвай гьабизе ккола 2030 соналде щвезегӏан Дагъиста- налъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул стратегиялде: гьелда рехсон руго улкаялъул церетӏурал регионазул сияхӏалде Дагъистан ккезабиялъе хӏажалъулел киналго шартӏал. Гьелъие хӏажат руго махщел камилал хӏалтӏухъаби, гьезда гьоркьоб – лъай кьеялъул идарабазеги», — ян бицана регионалъул бетӏерас. Данделъиялда бицана 2030 соналде щвезегӏан ДРялда лъай кьей цебетӏезабиялъул концепциялъул хӏакъалъулъ. Аслияб кӏалъай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул ишал тӏуралев Яхӏя Бучаевас. Гьес абуна, регионалъул бетӏер Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, министерствоялъ хӏадурун бугила рехсараб Концепциялъул проект. Гьеб цебелъун букӏана 2021 соналъул 23 ноябралда тӏобитӏараб ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб Гӏелмуялъул ва лъай кьеялъул советалъул данделъиялда. Концепция хӏадуриялъе гӏиллалъун министрасул ишал тӏуралес рехсана республикаялъул лъай кьеялда бугеб хашаб хӏал. Министерствоялъ хӏадурараб Концепциялда бицунеб буго лъай кьей камил гьабиялъул мурадалда церелъурал масъалабазулгун гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ.\n«Концепция гӏумруялде бахъинабиялъулъ гӏахьал гьаризе ккола лъай кьеялъул гурелги, пачалихъияб власталъулги идараби ва республикаялъул тӏолабго жамгӏият. Лъай кьей цебетӏезаби лъугьине ккола нилъер стратегияб мурадлъун, Гьеб гӏумруялде бахъинабулаго, нилъехъа бажарила республикаялъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул, жамгӏияб хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул ва гьанжезаманалъул Россиялъул жамгӏияталъе чарагьечӏого хӏажатал цогидал рахъазулги масъалаби тӏуразе», — ян бицана Яхӏя Бучаевас.\nЭкономикаялъе хӏажатал хӏалтӏухъаби хӏадуриялъул рахъалъ республикаялъул вузазда бугеб ахӏвалхӏал загьир гьабуна ДГУялъул ректор Муртазагӏали Рабадановас\n«Дагъистан Республикаялда руго цебетӏеялъе санагӏатал лъикӏал ресал: гьеб ккола СКФОялда бищун кӏудияб республика. Гьаниб буго анлъго пачалихъияб вуз, РАНалъул Дагъистаналда бугеб цӏех-рехалъул федералияб центр (ДФИЦ), гьоркьохъеб махщелалъул лъай кьеялъул (СПО) лъебергониги идара ва цогидалги гӏелмиялгун лъай кьеялъул гӏуцӏаби. Гӏуцӏун буго ДРялъул вузазулги гӏелмиял идарабазулги консорциум. Гьелдаго цадахъ кӏвар бугеблъун ккола республикаялъул росабазул школал учительзабаздалъун хьезариялъул масъала. ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул баяназда рекъон, мугӏрузул районазул школалда гӏолел гьечӏо гӏурус мацӏалъулги, математикаялъулгун информатикаялъулги, къватӏисел улкабазул мацӏазулги учительзаби», — ян бицана Муртазагӏали Рабадановас.\nРекторасул баяназда рекъон, студентазул практика тӏобитӏиялъул мурадалда университеталъ гьабун буго 468 къотӏи-къай ва стратегиял партнеразулгун бухьен щулалъизабизелъун республикаялъул предпри-ятияздагун батӏи-батӏиял идарабазда рагьун буго 19 кафедраги.\nСПОялда бугеб хӏал баян гьабуна Техникияб колледжалъул директор Мафият Рахӏмановалъ.\n«Жакъа Дагъистаналда хӏалтӏулеб буго гьоркьохъеб махщеллъиялъул программа гӏумруялде бахъинабулеб 85 лъай кьеялъул идара. 114 лъай кьеялъул программаялда рекъон, гьенив цӏалулев вуго 69 азаргогӏанасев чи. Выпускникал хӏалтӏудалъун хьезариялъе квербакъилаан Координациялъул совет гӏуцӏани – гьелда гъорлъ рукӏине ккела регионалъул власталъулги, хӏалтӏи кьолел идарабазулги, СПОялъулги ва тӏадегӏанаб лъай кьеялъулги вакилзаби. Гьебмехалда бигьалъилаан жакъа экономикаялъе хӏажатал махщелчагӏазул сияхӏ гьабизеги гьелда рекъон лъай кьеялъул идарабазул хӏалтӏи гӏуцӏизеги», — ян бицана гьелъ.\nДанделъиялъул ахиралда Сергей Меликовас тасдикъ гьабуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ хӏадурараб Концепция ва тӏадкъана ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб Гӏелмуялъул ва лъай кьеялъул советалда гъорлъ хӏалтӏул къокъа гӏуцӏеян. Хӏалтӏул къокъаялъе нухмалъи гьабизе буго ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Муслим Телякавовас.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "16644-kanl-igi-khinl-igi-dagl-arab-khasel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16644-kanl-igi-khinl-igi-dagl-arab-khasel", "title": "Канлъиги хинлъиги дагьлъараб хасел", "date": "2022-03-24 09:49:44", "categories": ["magiarukh"], "text": "Магӏарухъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазе токги къанагӏат гьабуни, росаби чӏороголъиялда гӏажаиблъизего ккеларо. Хинлъиги, канлъиги, рекӏелгъейги, хӏалтӏиги – кинабго квараз бачун бачӏунеб «цӏатариялдасан» гьечӏищха.\nИсана хасел Лъаратӏа районалъул жамагӏаталъе лъугьана хасго захӏматаблъун. Гӏицӏго райбольница хутӏун, кӏиго моцӏида жаниб щибаб къоялъ кӏи-кӏи сагӏаталъ свинабулеб букӏана тӏолабго районалда ток. Гьеб масъалаялъул бицун районалъул щибаб рокъоб, къватӏахъ, ашбазазда ва жамгӏиял гьиназда хӏалуцараб кӏалъа-басайги лъугӏичӏо тӏубараб кьиналъ.\nЧанго моцӏалъ халат бахъараб ток къотӏизабиялъул суалгун районалъул нухмалъиялъухъе ине хӏукму ккана районалъул тӏасияб мухъалъул жамагӏаталъул.\n«Щай щибаб сардилъ кӏиго сагӏаталъ ток свинабулеб? Щиб гьелъие гӏилла? Лъиде гьелъул жавабчилъи тӏаде кколеб ва кин гьеб иш роцӏинабун бажарулеб?» Гьал суалазе жаваб тӏалаб гьабуна Лъебел, Кьанал, Богьнода, Журмут мухъазул росабазул вакилзабаз районалъул хӏакимзабазухъа. Хӏакъикъаталдаги Лъаратӏа районалъул гьеб бутӏаялда токалъул мухъал руго цӏакъго басриял. Гьури-муч, гӏазу-цӏад хӏаллъараб мехалъ ток иналъул хӏужабиги гьенир гӏемер ккола.\nГьезул суалазе баян кьезелъун хасаб данделъи тӏобитӏана райадминистрациялда. Районалъул бетӏер Мухӏамад Гӏабдулаев, Лъаратӏа РЭСалъул нухмалъулев Къурбан Хӏайдаров, районалъул бетӏерасул заместитель Рамазан Гӏабдулхаликъов, росабазул бегавулзаби ва идарабазул церехъаби гӏахьаллъана гьенир.\nРайоналда токалъул мухъазул бугеб хӏалалъул бицана Къурбан Хӏайдаровас. Гьесул рагӏабазда рекъон, «Дагэнерго» компаниялъ Лъаратӏа ва Бежтӏа мухъалъе бихьиза- бураб хасаб къадар бугила токалъул хӏубазул, кваразул ва цоги материалалъул. Гьелда рекъон хӏалтӏи гьабулеб бугила Лъаратӏа РЭСалъул хӏалтӏухъабаз. Гӏарацги кьолеб гьечӏила жидехъе, гӏицӏго материал гурони. Гьес бицухъе, 2021 соналда Лъаратӏа районалъе бихьизабун букӏун буго кинабниги 450 токалъул хӏуби, 16 км токалъул квар, 3 цӏияб гьитӏинаб трансформатор ва гӏисибикъинал хӏажатал жал. Гьелда рекъон гьабун бугила хӏалтӏи ва районалда 34 трансформаторалда гьабунила техосмотр. Гьединго Къурбан Хӏайдаровасул пикруялда рекъон, Анцухъ бугеб 10000 Кв трансфор- маторалъ хӏехьезе кӏолеб гьечӏо ха- салил заманалъе хӏажатаб токалъул къуват.\n— Токалъул хӏалтӏухъабазда цебеккунго лъазе кӏолеб гьечӏо, араб соналда дандеккун, кигӏан къадаралъ цӏикӏкӏун ток бухӏизе бугеб хасало районалъ. Гъоркьиса гӏолеб букӏана 10000 Кв. Исана 38 проценталъ цӏикӏкӏун буго бухӏулеб токалъул къадар. Гьединлъидал, бакӏ-бакӏазда кӏи-кӏи сагӏаталъ ток къай гурони тӏокӏаб батӏияб нух гьечӏо трансфор- матор бухӏичӏого цӏунизе. Гурони тӏолабго район хутӏизе буго хасало ток гьечӏого, — ян бичӏчӏизабуна бу- геб ахӏвал-хӏал Лъаратӏа РЭСалъул нухмалъулев Къурбан Хӏайдаровас. Районалъул бетӏерасул замести- тель Рамазан Гӏабдулхаликъовасул пикруялда рекъон, исана ток бухӏи цӏикӏкӏиналъе гӏилла бугила районалъул гӏадамаз токалъ рукъзал хинлъизарулеб система хӏалтӏизаби: — Чанго соналъ цебе, радал вахъиндал Лъаратӏа росулъ бихьулаан щибаб рукъалъул тӏалаялъуса бачӏунеб кӏкӏуйдул мухъ. Щибаб лъагӏалидасан гьел мухъал дагьлъулел руго. Исана цониги гьечӏо. Гьелдаса лъалеб буго щибаб рокъоб токалъ хинлъи кьолеб система хӏалтӏизабулеб букӏин. Гьелъ цӏцӏала гӏемераб ток ва гьелъул хӏасилалда цӏикӏкӏун бухӏулеб буго ток. Законалда рекъон, киналго тӏалабазда рекъон хӏалтӏизабулеб батани, гьеб гьукъизеги бегьуларо.\nРайоналъул бетӏер Мухӏамад Гӏабдулаевасул пикруялда рекъон, цебеккун гьеб масъала бихьизе ресги букӏинчӏо хасел бачӏинегӏан. Гьединлъидал жамагӏаталъ сабур гьабизе кколеб буго дунял хинлъизегӏан. Гьеб суалгун жал чанцӏулго щва- нин бицана гьес республикаялъул тӏадегӏанал идарабазде.\n— Республикаялъул жавабиял идарабазулгун къотӏи гьабуна Лъаратӏа районалъул нухмалъиялъ трансформатор хисизе. Дагьалъ балагьун чӏечӏого рес гьечӏо дунял хинлъизегӏан. Гурони, хасало цӏорораб мехалъ гьеб хӏалтӏи гьабизе лъугьани, кӏиго анкьалъ ток гьечӏого хутӏизе буго район. Хӏукму гьабун буго гьеб хӏалтӏи апрелалъул байбихьуда гьабизе, — ян абуна Мухӏамад Гӏабдулаевас.\nРасул АБАКАРОВ «Лъаратӏа» газеталъул редактор"}
{"slug": "16645-khalk-iyav-mugialim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16645-khalk-iyav-mugialim", "title": "Халкъияв мугӏалим", "date": "2022-03-24 10:08:57", "categories": ["insan"], "text": "15 марталда Шамил райадминистрациялъул залалда тӏобитӏана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас 80 сон тӏубаялъул юбилеялъул хӏурматалда гӏуцӏараб байрам. Юбилярасда баркиялъул рагӏаби абизе ирга щоларого рукӏана гӏадамал. Киназулго аслияб пикрулъун рикӏкӏине бегьула Гьандихъ росдал школалъул директор Мухӏамад Гъазалиевас абурал гьал рагӏаби: «Ибрагьимил аслияб хасият ккола гӏадамасухъ гӏенеккизе лъай, гьесул къваригӏел тӏубай, ритӏухълъи ва гӏаданлъи, иман буголъи. Кинаб къваригӏелалъ гьесухъе аниги, гьеб тӏубачӏого жеги цониги чи гьесухъа къватӏиве вачӏинчӏин абула. Гьесул буго лъикӏаб лъай ва камилаб махщел», — ан.\nХӏажиев Ибрагьим ккола Шамил районалъул машгьурал чагӏазул цебесеб кьерда вугев чи. Гьесул улбул Хӏажияв ва Кӏилъилай рукӏана гьидерицаго адаб-хӏурмат гьабулел, гӏамал-тӏабигӏат берцинал, хӏалалаб бетӏербахъиялда гӏумру тӏамурал чагӏи. Эмен Хӏажияв кколаан диналъе эркенлъи кьурал соназда Мачӏада росулъа тӏоцебе хӏеж борхарав чи. Гьезул хасият бессун буго Ибрагьимил чорхолъ. Гьесие хасиятаблъун ккола чи ватӏа гьавунгутӏи, сабурго бицунеб гӏакъилаб калам, лъикӏлъи гьабизе хӏадурго вукӏин, щивасул мурад тӏубазе бугеб нигат ва кьураб рагӏуе хилиплъунгутӏи.\n1960 соналда Буйнакскиялъул педучилище лъугӏизабурав Ибрагьим тӏамуна гӏагараб росдал микьго сонил школалъул байбихьул классалъул учительлъун. 1967 соналда лъугӏизабуна ДГПИялъул филологияб факультет. Гьесул лъайги бажариги бихьун, тӏамуна гӏурус мацӏалъул учительлъун, хадув завучлъун.\nГьединго Хӏажиевасул чӏаголъиги, жавабчилъиги, гӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунарги бихьун, 1968 соналда тӏамуна Мачӏада росдал школалъул директорлъун.\nШколалъул тӏуцабго басрияб мина, классазе гӏоларел рукъзал, къанагӏат гурони дарсазда пайда босизе гьечӏел алатал, хасало классазда букӏунеб квач… «Хадубккун гьеб ахӏвал-хӏал хӏехьезе бегьуларо, гьаб заманалъул цӏияб школа базе ккола», — ян нигат гьабуна Хӏажиевас. Гӏолохъанав директорасухъа бажарана районалъул нухмалъулезулгун гӏаммаб мацӏ батун. Росдал жамагӏаталда ва школалъул коллективалда цебе лъуна суал: «Росулъ гьоркьохъеб школа рагьизе ккола ва, цадахъ лъугьун, нилъеца гьелъие минаги базе ккола», — ян. 1969-1970-абилел соназда басрияб школалъе капиталияб ремонт гьабизе биччараб гӏарацги хӏалтӏизабун, бана цӏияб школа. Гьеб кӏудияб ишалде бахъинабуна росдал жамагӏат ва школалъул коллектив, рухӏги хӏалги кьун, хӏалтӏана живго директорги.\nЦӏияб школалда дагь-дагьккун гӏуцӏана материалиябгун техникияб база: гвангъараб классалъул 12 рукъ, цӏалул мастерскаял, хӏалбихьиялъул кӏиго ах ва бахча, спортивияб майдан, кӏитӏалаяб интернат, къватӏиса рачӏарал учительзабазе рукъзал, ракьулъ жаниб бараб тир, хӏухьлаца мина хинлъизабулеб котельная, лъел ва канализациялъул мухъал, цӏулал къайи гьабулеб ва ретӏел букъулеб мастерскаял, кабинеталъул къагӏидаялда цӏали гӏуцӏараб школа… Гьеб кинабго букӏана районалъего цӏияб жо, гьединлъидал гьеб бихьизе ва мисал босизе гьенире рачӏунаан районалъул школазул директорзаби. 2007 соналда школалъе щвараб Президентасул гранталъул гӏарцуца квербакъана хӏажатал техникиял алатаздалъун предметазул кабинетал хьезариялъе.\n«Школалда хӏалтӏи гӏуцӏиялъе ва цебетӏеялъе аслияв чи ккола лъай-махщел камилав учитель ва гъункараб коллектив», — ан абула Ибрагьимица. Мачӏада росдал школалъул бергьенлъаби ккола Хӏажиевас гӏуцӏараб, куцараб ва нухмалъараб учительзабазул коллективалъул бахӏарчияб хӏалтӏул хӏасилал. Дол соназда районалда гӏицӏго гьезул школалда рагьун букӏана Хунзахъ автошколалъул филиал. Автокабинеталда цӏалдохъабазда малъулаан машина, ругьун гьарулаан автодромалда машина бачине, школа лъугӏун унезе аттестатазда цадахъ кьолаан водителасул удостоверение. 1989 соналда тӏоритӏарал социалистиял къецазул хӏасилазда СССРалъул росабазул гьоркьохъел школазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏ щвана Мачӏада росдал школалъе. 1997 соналдаса байбихьун ункъо соналъ тӏатӏалаго школалъе щвана «Лучшая школа РФ» абураб хӏурматияб цӏар, Хӏажиевасе — «Лъагӏалил директор» абураб цӏар.\n1986 соналда республикаялъул школазда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда Мачӏада росдал школалъул производственнияб бригадаялъ босана тӏоцебесеб бакӏ. Гьеб бригадаялъул член Гӏачалова Патӏиматие кьуна СССРалъул ВДНХялде путевка, гьединго школалъе – ВДНХялъул диплом. Школалъул хӏалтӏуе къимат кьола предметиял олимпиадабазул хӏасилазухъ балагьун. Ахираб щуго соналда жаниб районалъул олимпиадабазда гьеб школалъул цӏалдохъабаз ккун буго 197 призалъулаб бакӏ, гьезда гьоркьоса 67 – тӏоцебесеб, республикаялъул олимпиадабазда – анкьго призалъулаб бакӏ.\nШколалъул хӏалтӏулъ хасаб бакӏ ккола цӏалдохъаби-патриотал куцаялъул тадбираз. Гьеб мурадалда школалъул майданалда гӏезабун буго ракӏалдещвеялъул ах, гьениб щибаб гъотӏода бан буго цо пуланав рагъул гӏахьалчиясул цӏар тӏад хъвараб хъарщи. Парк бакьулъ буго чӏегӏераб мармаралъул памятник, гьелда цебе – даимаб цӏа. Памятникалда цере тӏоритӏула тарбия кьеялъул гӏемерисел тадбирал.\nМачӏада росдал школалъул туризмалъулгун гӏагараб ракь лъазабиялъул кружок рикӏкӏунаан районалдаго бищунго лъикӏаблъун, рагъулабгун спортивияб хӏай «Зарница» — республикаялдаго машгьураблъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула 2002 соналда Новороссийск шагьаралда тӏобитӏараб «Победа» абураб Тӏолгороссиялъул рагъулабгун спортивияб хӏаялда гьеб школалъул командаялъ тӏоцебесеб бакӏ босиялъ. Гьебго соналъул июль-август моцӏазда Санкт-Петербургалда тӏобитӏана Тӏолгороссиялъул «Равнение на Победу» абураб гӏолилалпатриотазул слет. Мачӏадисезул командаялъ гьел къецаздаги босана тӏоцебесеб бакӏ. Командаялъе щвана гӏемерал дипломал ва къиматал сайгъатал, гьеб бергьенлъиялъухъ республикаялъ школалъе кьуна «Газель» машина.\nХӏажиевас росдае гьарула гӏемерал пайдаял ишал, росуцоязе – бажарараб кумек. Гьелъги батила, 35 соналъ тӏатӏала гьев вищана росдал ва районалъул собраниязул депутатлъун, гьединго Дагъистаналъул учительзабазул съездазул делегатлъун. Гьев ккола «Гьидалъ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул председательлъунги.\nМашгьурав хъвадарухъан Гӏарип Расуловасул «Золотые россыпи гор» абураб тӏехьалда хъван буго: «Ибрагьим Хӏажиев ккола унго-унгояв халкъияв педагог», — абун. Гьеб ккола халкъалъ Ибрагьимие кьолеб мустахӏикъаб къимат.\nРайоналъул лъай кьеялъул лъикӏав гӏуцӏарухъан хӏисабалда, 2009 соналда Ибрагьим тӏамуна районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальниклъун. Цоги жоялъул бицинаро, нуцӏбузда кверкъелал рукӏинчӏеб управлениялъул минаялда гьес гьабуна капиталияб ремонт, хисана басрияб къайи-къоно, методкабинетазда чӏезаруна компьютерал ва оргтехника.\nЛъалаго цӏикӏкӏана школазул директорзабазул хӏалтӏул гӏадлу ва жавабчилъи. Цӏидасан байбихьана инспектораз школазул хал гьаби ва директорзабазул советалда гьелъул хӏасилал гьоркьор лъей. Гьелъ кьолел лъикӏал хӏасилазул цо мисал бачина: 2009-2010 цӏалул соназда районалъул цӏалдохъабаз республикаялъул олимиадабазда босана 16 бакӏ, 2019-2020 соназда абуни, 35-38 призалъулаб бакӏ.\nХӏалтӏуде Ибрагьимил бугеб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ бицуна гьесул кабинеталда столалда тӏад ругел гьал рагӏабазги: «Педагогическая мудрость в том и состоит, чтобы видеть своего питомца глазами свидетеля».\nДиректорас кӏудияб кӏвар кьолаан умумузул гӏадатазда рекъонкколеб рухӏияб тарбия лъималазе кьеялде, хасго исламияб рахъалде. Гьес тӏадаблъун гьабун букӏана цӏалдохъабазда иман-ислам малъи. Гьеб малъулаан классалъул сагӏтазда, факультативазда ва КТНДялъул дарсазда. Къватӏисеб улкаялъул мацӏ хӏисабалда, 2000-2010 соназда 5-11 классазул цӏалдохъабазда малъулаан гӏараб мацӏ. Гьединго рухӏияб тарбия кьеялъулъ кӏудияб бакӏ ккола гӏагараб росдал, районалъул ва Дагъистаналъул машгьурал гӏадамазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ лъималазда бициналъ. Гьеб мурадалда, Хӏажиевасул жигаралдалъун, 2013 соналда басмаялда бахъана «Шамил районалъул гьайбатал гӏадамазул хӏакъалъулъ» абураб тӏехь. Гьелдаса пайда босула районалъул школазул киналго коллективаз.\nПачалихъалъги мустахӏикъаб къимат кьуна Хӏажиевасул ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе. Ибрагьим ккола ДРялъул ва РФялъул мустахӏикъав учитель, Лъагӏалил директор, гьединго Россиялъул творческияб педагогикаялъул академиялъул академик, Халкъияв тарбиячи, мустахӏикъав тарбиячи. Амма гьесие бищунго къиматаблъун ккола гӏадамаз гьабулеб божилъи ва гьезул адаб.\nХӏажиевасул буго кӏудияб ва цоцалъ рекъараб хъизан. Хӏажиевасул чӏухӏилъун ва рохеллъун ккола лъималазул 12 лъимер. «Лъималазул лъималгун гьоркьоблъиялда вугеб, гьелгун хӏалеб, тира-сверулеб мехалда, дида кӏочона дунял, рекӏелъе рещтӏуна талихӏалъул асар, къокъго абуни, гьеб ккола унго-унгояб хӏалхьи-рахӏаталда дун вугеб заман», — ан бицуна Ибрагьимица.\nГьев вуго диналда тӏадчӏарав чи, щуго нухалда борхана хӏеж. Гьоркьохъеб черхалъул, тирияв, хӏалтӏи бокьулев, къварилъиялде ккарасе кумекалъе вахъине хӏадурав чигун дандчӏванщинахъе, дица пикру гьабула: «Гьале дов нилъер заманалъул бахӏарчи, А. П. Чеховас абухъе, черхги, рухӏги, пикрабиги гьайбатав инсан», — абун. Хӏакъикъаталдаги Ибрагьим вуго гӏажаибго ракӏ лъикӏав, гӏадлу-низам бугев бусурбанчи. «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабазги баркула Ибрагьим Хӏажиевасда 80 сон баялъул юбилей. Гьарула гьесие халатаб гӏумру ва щулияб сахлъи.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "16650-leninkental-ul-gimnaziyalda-tso-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16650-leninkental-ul-gimnaziyalda-tso-k-o", "title": "Ленинкенталъул гимназиялда цо къо", "date": "2022-03-25 08:09:03", "categories": ["obrazovanie"], "text": "2022 сон Россиялда лъазабун буго «Лъай кьеялъул лъагӏеллъун». Гьелда бан улкаялдаго тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал. Гьелде тӏадеги, ахирал соназда пачалихъалъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялде, хасго патриотизм куцаялде. Гьебин абуни, лъималазулъ бессизабула аслияб къагӏидаялда хъизамалда ва лъай кьеялъул идараялда. Ватӏан бокьулев ва гьелъул тарихалдаса чӏухӏулев инсан куцан бажаруларо, гьесул рекӏелъги чорхолъги рахьдал мацӏалде рокьи бижизабичӏони. Щайгурелъул рахьдал мацӏалъул ресаздаса пайда босани, гӏемерго бигьалъула цереккун рехсарал масъалаби тӏуразаризе.\nГьеб кинабго хӏисабалдеги босун, дагьал церегӏан къоязда нижеца, ай газеталъул хӏалтӏухъабаз, сапар бухьун букӏана Ленинкенталъул №35 гимназиялде. Хас гьабун гьеб гимназия тӏаса бищиялъе цоги гӏилла букӏана гьениб рахьдал мацӏаздеги, тарихалдеги, адабиятгун маданияталдеги, гӏадат-гӏамалаздеги кьолеб кӏвар тӏадегӏанаб даражаялда букӏин. Гьеб киналъулго бетӏерлъуда, нухмалъуда йиго бажариги лъайги бугей, миллаталъухъги ватӏаналъухъги ракӏ унтарай Чакар Мажидова. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, нижеца хӏукму гьабуна тӏубараб гьаб газетаго №35 гимназиялъе, гьелъул коллективалъе ва цӏалдохъабазе сайгъат гьабизе. Гьениб гьабулеб хӏалтӏул киналго рахъазул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бициналъул мурадги буго магӏарул районазда ругел лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулездаги учительзабаздаги хӏалтӏи гӏуцӏиялъул мисал бихьизаби.\nГимназиялъул бечелъи\nГимназиялъул тӏоцебесеб тӏалаялда, жанире щварабго бер речӏчӏулеб бакӏалда рагьун буго бечедаб музей. Гьениб умумузул тӏагӏел-алаталъул камураб жо дида батичӏо. Цӏар-цӏарккун гьаниб рехселаро, бихьизе бокьарал чагӏи ине бегьула гимназиялде. Амма цохӏо музей гуро гьениб Чакар Мажидовнаялъул хӏаракаталдалъун рагьун бугеб. Ункъо-щугогӏаги буго гьениб гьеб — ТОКСалъул музей, Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса руссинчӏел бахӏарзазул хӏурматалда рагьараб, гьанжесел бахӏарзазул баянал данде ракӏарараб ва гь. ц. Бащдаб гимназияго музеялде сверизабун буго. Тӏоцеве гьениве щварав чи Москваялъул машгьураб Третьяковасул галереялде ялъуни Петербургалда бугеб Эрмитажалде щварав чи гӏадин вукӏинилан абуни, мекъи ккеларо. Франциялда бугин рагӏана «Лувр» абун дунялалдаго машгьураб музей. Германиялъул Дрезденалдаги рагӏула рикӏкӏен гӏемерал суратаз къалъизабураб музей. Музеял гӏемерал ратила дунялалда. Амма Ленинкенталда гӏадатияй магӏарулалъул, мугӏалималъул хӏаракаталъул цӏураб ракӏалъ гӏадатияб школалда гьабун бугеб музеялъ ниж битӏахъе асир гьаруна. Амма музей гуро гьеб гимназиялда аслияб жо — цоял цоялдаса цӏакъал классал, мугӏалимзаби, цӏалдохъаби. Гимназия гурин гьеб, цо хӏикматаб цӏалул къебелъи бугин ккола. Гьениб киса-кибго буго бечедаб тадбир, гӏадлу-низам.\nСваказегӏан музеяздаги тирун, гьениб бихьарабщиналъ берги биххизабун рукӏарал ниж, гьанже нилъ цӏалдохъабазухъе рилълъиниланги абун, цебе батараб цо нуцӏа рагьана директоралъ. Щиб дарс гьениб букӏарабали пикру гьабизецин регӏилалде, магӏал гӏадин эхетун чӏана цӏалдохъаби. Битӏана цо ясалде квер директоралъ, яхъана гьей тӏаде, байбихьана Фазу Гӏалиевалъул кечӏ рикӏкӏине. Рикӏкӏунеб букӏана шавкъалда, дунял-гӏаламго жиндихъ балагьун бугеб гӏадин. Дида ккана гьеб лахӏзаталъ ва нижгун цадахъ гимназиялда Фазу йикӏарайани, карандеги къан, гьей ясалъе гьелъ баркала кьелаанин. Фазуе хасиятаб къагӏидаялъ, гьелъ хӏеренго ясалда чанго рагӏи абилаанин. Амма халатккун заманалъ гьей ясалъухъ гӏенеккизе пикрабалъе ячӏарай Фазуги дунги течӏо Чакар Мажидовалъ. Бищун интересаб бакӏалде щведал, гьоркьой гьейги къотӏизаюн, цоги яс, вас рахъинаруна тӏаде. Гьезги рикӏкӏана кечӏ. Цояс Хӏамзатил Расулил, цогидас Гӏабасил Махӏамадил, лъабабилес Гӏадаллол. Ункъабилесухъги гӏенеккизе бокьун букӏана нижее. Амма течӏо… Къватӏире рачана, цогидаб классалде. Гьел ратана 11 классалъул цӏалдохъаби. Махӏачхъалаялъул тарих лъазабулеб буго гьез. Гӏемераб хӏалтӏи гьабун буго, гӏемерал цӏех-рехал гьарулел руго. Жидерго хӏаракатчилъиялъул бицана гьезул щивас. Амма гьаб нухалдаги тӏубан гьезухъ гӏенеккизе течӏо Чакар Мажидовалъ.\nЦояб кабинеталъуса цогиялде рачун, цӏалдохъабазухъ гӏенеккун, гьез бицанщиналъ хӏайран гьаруна ниж. Анцӏго батӏиял цӏалдохъабазулгун лъай-хъвайги гьабуна.\nЛенинкенталъул гимназиялъ чанги цӏиял гӏадамазул цӏарал рагьана гьеб къоялъ. Мисалалъе, лъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда разведчицалъун йикӏарай Разият Мухӏамадовалъул бахӏарчияб къисмат. Гьелъул хӏакъалъулъ тӏоцебе Ленинкенталъул гимназиялда хӏалтӏулеб ТОКСалъе бицун буго Кӏогьориса генерал-лейтенант Гӏумар Муртазагӏалиевас. Хадуб гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидаб баян бакӏарун буго гимназиялъул цӏалдохъабаз.\n— Гьай ккола дир йикӏарай цӏалдохъан, Эльмира Сайпулаевна, — ян иргадулаб классалда жаний ятарай мугӏалималъулгун лъай-хъвай гьабуна нижергун Чакар Мажидовалъ. — Гьай йикӏана ТОКСалъул къокъаялъул тӏоцеесей хӏаракатчӏужу. Гьанже гьелъ гӏуцӏун буго жиндирго цӏалдохъабазул ТОКСалъул къокъа. Дагьаб цебегӏан гьелъ киналго, хӏатта депутаталгун хӏакимзабицин хӏикмалъизаруна «Разведчица Разият» абураб фильмги хӏадур гьабун. Разият ккола Хунзахъ районалдаса. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гьей бахӏарчияй ясалъ, жинцаго цохӏо, рельсазда тӏаса хъущтӏизабун, гъара гьабун буго фашистазул чанго поездалъе. Разиятил хӏакъалъулъ гӏемераб материал бакӏарана Элмира Сайпулаевналъул бетӏерлъиялда гъоркь. Фильмалъухъ балагьаразда магӏу кквезе кӏолеб букӏинчӏо. Гьедигӏанги асар гьабулеб кино букӏана гьеб, — ан бицана Чакар Мажидовнаялъ.\nВацал Хӏажиевазул тарихияб лъалкӏ ва къисматалъул нух\nЛъабабилеб тӏалаялда буго Эльмира Сайпулаевнаялъ нухмалъи гьабулеб Булач Хӏажиевасул цӏаралда бугеб музей.\n— Гьенире нилъ рахинаро, заман гӏеларо гьелъие жакъа. Музеялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицине дица рагӏи кьолеб буго гьелъие, — ян Эльмира йиччана кӏалъазе гимназиялъул нухмалъулелъ.\n— Хӏакъикъаталдаги гьеб ккола Булач Хӏажиевасулги, гьесул вац, машгьурав ралъдахъан, Совет Союзалъул бахӏарчи Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб музей, — ин баян гьабуна Эльмираца. — Булач Хӏажиевасулги нижер гимназиялъулги гьудуллъи букӏана 23 соналъ. Хӏикматав инсан вукӏана гьев. Гӏемер щолаан ниж гьесухъе гьоболлъухъ. Кидаго нижее бицине гӏажаибал ракӏалдещвеялги ратулаан гьесул.\nКиназдаго гуро лъалеб Булач Хӏажиев вацас (Мухӏамад Хӏажиевас) жиндаго цадахъ гамиде хӏалтӏизе вачун вукӏараблъи. Булач Хӏажиевас гьениб тӏубазабулеб букӏун буго юнгаясул хъулухъ. Ралъад рекӏунеб (морская болезнь) унти букӏун, вацас гӏемераб яхӏ бахъун буго Булачилъа гьеб гӏузру бачахъизе. Гьев къвакӏаравлъун, къо хӏехьолевлъун лъугьине тӏадчӏун гӏемерав хӏалтӏизе тӏамун вуго. Кофеялъул яги чаялъул стакан тӏад лъураб тепсиги кодоб ккун, къойида жаниб нусго нухалъниги гамида тӏад дове-гьаниве вилълъанхъизе тӏамулев вукӏун вуго Мухӏамадица гьитӏинав вац Булач.\n— Дуца щай бицунареб Мухӏамад Хӏажиевасул хӏакъалъулъ кино бахъизе къасдгун нилъ гьесухъе щвараб мехалъ, гьев разилъуларого вукӏараб куц, — ин абун, гьейги гьоркьой къотӏизаюн, нахъеги рагӏи босана директоралъ.\n— Нижерго мурад гьесие баян гьабидал, гьеб рекъон гьечӏинги абун, гӏодове къулун чӏана гьев. Гьеб мехалъ дица абуна, Булач Имамудинович, нижер цӏалдохъабазухъ гӏенеккизе бокьиларищ дуейин абун. Гьезги, иргадал цереги рахъун, бицине байбихьана Мухӏамад Хӏажиевасул бахӏарчилъиялъул, гьесул умумузул, живго Булачил хӏакъалъулъ.\nГьеб мехалъ: «Ияхӏ, ияхӏ, гьазда дидасаги лъикӏ лъалеб букӏун бугогури нижер хъизамалъул тарих», — илан рази-ракилъун вачӏана гьев. Амма бищунго цӏакъ гьесие асар гьабуна, Мухӏамад Хӏажиевасул цӏар кьураб, Мурманскиялда бугеб Гаджиево шагьаралдеги щун, гьелъул гӏадамаз, кӏудияв вацасул хӏакъалъулъ абурал рагӏаби дица цӏалидал.\nГаджиево шагьаралъул гӏадамазе кутакалда къиматаб буго Мухӏамад Хӏажиевасул цӏарги гьес нахъа тараб тарихги. Гьез дида абуна: «Меседил рагӏабаз бикӏун тана гьес жиндирго цӏарги бахӏарчилъиги нижер тарихалда», — ян абун. Чанго соналъ цебе, «Золотой Орел» рестораналда букӏараб данделъиялда дица гьел рагӏаби цӏалидал, Булач Имамудиновичасул беразда магӏу хулана. Гьединав хӏикматав, гӏажаибго гӏадамалги хирияв инсан вукӏана Булач. Гьев ккола республикаялда тӏоцебе Халкъияв Бахӏарчиясул цӏар кьурав чиги, — ян бицана Чакар Мажидовнаялъ.\nЦохӏо гьаб макъалаялда жаниб бицун хӏебтӏулеб бечедаб биографиялъулги къисматалъулги инсан вукӏинчӏо хӏакъикъаталдаги Булач Хӏажиев. Тӏанчидеги балагьичӏого, тӏокӏкӏун тарихалъул хӏакъалъулъ бицунев гьесухъ паналъун хутӏулаан дун жеги 90-абилел соназдаго. Телевизоралдаса цеве вахъунев гӏемер вихьулаан. Бергьараб пагьмуялъул, роцӏараб пикруялъул чи вукӏанин абулаан гьесул хӏакъалъулъ гьев вихьарал, лъалел чагӏаз. Хӏакъикъаталдаги гьединал чагӏаз машгьур гьабуна нилъер республика. Гьеб цоги нухалъ тасдикъ гьабуна Ленинкенталъул гимназиялде гьабураб сапаралъги.\nЛенинкенталъул гимназия ккола республикаялъул ТОКСалъул базовияб школалъун. Гьанисан байбихьула киналго ТОКСалъул церехъабазул хӏаракат. Гьаниб лъола гьезул хӏаракаталъе кьучӏ.\nГимназиялъул «президент»\nва гьесул гӏакълучагӏи\nГимназиялда буго ТОКСалъул оперативияб штаблъун рикӏкӏунеб 11 «б» класс. Гьелъул нухмалъулей ккола Алеся Мухӏамадрасуловна. Гьелъ нухмалъи гьабулеб 11 класс рикӏкӏуна гимназиялда бищунго цебетӏураблъун. Тӏаса рищараздасан данде гьарурал гӏадин, цоял цоялдаса бажари бугел цӏалдохъаби руго жакъа гьеб классалда. Классалъул цевехъан Гӏабдулхӏамидов Мурид вищун вуго гимназиялъул Президентлъун.\nГӏатӏидго гьеб киналъулго хӏакъалъулъ гьадин бицана Алеся Мухӏамадрасуловнаялъ:\n— Щуабилеб классалдаго байбихьула гьез ТОКСалъул хӏаркатчилъиялде. 9-б классалда 35 чи вукӏана гьезул, гьанже 11 классалде 25 чи хутӏун вуго. Амма гьел киналго руго кутакалда жигарал, цӏакъ кӏвар бугел ва бичӏчӏи бугел гӏолилал. Гьез жаваб кьола цохӏо гимназиялда бугеб ТОКСалъул къокъаялъул гуребги, гьединго республикаялда бугеб ТОКСалъул хӏаракатчагӏазул щибаб данделъиялда киназулго рахъалдаса хӏисаб кьеялъул кӏалъай гьабизеги ккола гьез.\nЦӏалулъги гьез бихьизабула бищунго лъикӏаб мисал. Классалдаса ункъо ясги цо васги унел руго меседил медалалде. Гьелда дир щаклъи гьечӏо щибниги. Жамгӏияб хӏаракатчилъиги цӏалиги дандеккунани, классалда цӏалул рахъалъ бищун церетӏураллъун руго ясал. Амма васалги гьездаса нахъе ккун чӏоларо. Дир класс социалиябгун гуманитарияб рахъалъ цебетӏураблъун буго. Гьаниб гӏатӏидго малъула тарих, обществознание ва гьединго кьола хас гьабун инсанасул ихтияразул хӏакъалъулъ дарсги. Амма классалда цониги гьечӏо тӏаса вищун данде гьавурав, гьел киналго дида цере ккаралдаса жалго жидедаго тӏадчӏун цӏалулел руго. Гьелъул хӏасилги жакъа киназдаго бихьулеб буго. Дун божула, кинаб ВУЗ гьез тӏаса бищаниги, гьел гьенире рорчӏизе рукӏиналда. Гьелъие гьезул гӏураб лъайги бажариги буго, тӏабигӏаталъ кьураб пагьмуги буго.\nЦогояб пачалихъияб экзаменалде (ЕГЭ) хӏадурлъулеб дарсида ратана дида гьел гьеб къоялъги. Мугӏалималъухъа изнуги босун, гьезулгун гара-чӏвари гьабуна.\nТӏоцебе дица рагӏи кьуна гимназиялъул «президент» Гӏабдулхӏамидов Муридие.\n— Президент хӏисабалда, сунде дуца бищунго цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб?\n— Бищун цебе дица кӏвар кьола дирго кьерилазул пикру спорталде буссинабизе. Жакъа спорталде машгъуллъун вугони, цогидаб къваригӏел гьечӏеб жоялде вуссине заманцин букӏине гьечӏо. Гьединлъидал гьеб рахъалде цӏикӏкӏун кӏвар кьола. Ниж гӏахьаллъула республикаялда тӏоритӏулел батӏи-батиял спортивиял тадбиразда.\nАмма гьелдаго цадахъ дица хал ккола гимназиялда къваригӏел гьечӏеб жо, рагъ-муч, дагӏба-рагӏи ккунгутӏиялда хадубги. Балугълъулеб гӏужалъ гьединал жал ккечӏого хутӏуларелъул, хасго шагьаралда, тӏадежоялъе гьадинаб кӏудияб гимназиялда гӏемер ккола гьединал ракӏбакъварал хӏужаби. Рачӏинаго гьел къинаризе хӏаракат бахъула дица.\n— Кумекчагӏи щал ругел дур?\n— Киналго классцоял, кьерилал — гьел киналго дир кумекчагӏи ккола. Гьале гьел дида аскӏор руго гӏодорчӏунилан, гьезде квер битӏана Муридица. Кумекчагӏи гьечӏого, узухъда, диеги бигьаго букӏинищха гьаб хъулухъ тӏубазе.\n— Гьаз махсарадего жидедаго гьоркьоб Владимир Владимировичин абулищ дуда?\n— Гьедин жеги абичӏоха.\n— Мунги президентлъидал, улкаялъул политикаялда хадуб хал кколищ, пикру гьабулищ кколеб-толелъул?\n— Гьабула, узухъда. Цогидазул гӏадин, дирги рахӏат хвезабун буго Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ. Рагъ лъиего бокьун гьечӏо. Киназего бокьун буго ракълилаб гӏумру. ИншаАллагь, лъугӏилеб батила кватӏичӏого гьеб.\nПрезидентасул кумекчагӏазул цояв ккола Шамил районалъул Къелеса Гьитӏинов Сагӏид. Бацӏцӏадго магӏарул мацӏалъ кӏалъазе лъалеб бугоан гьесда. Жиндирго хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес:\n— Тӏоцебесеб классалдаса нахъе гьаб гимназиялда цӏалана дун. Дагьав цевегӏан дун восана Махӏачхъалаялъул Чӏахӏиял классазул цӏалдохъабазул Советалде.\n— Щиб хӏалтӏи гьабулеб нужер Советалъ?\n— Ниж гӏахьаллъула шагьаралда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбиразда. Гьединго тӏоритӏула флешмобал, дандчӏвял. Мисалалъе, гъоркьисала, ДАССРалъ 100 сон тӏубаялде, этнофестиваль тӏобитӏана нижер Советалъ. Гьединго ниж щола рагъул ветераназухъе. Гьезие къваригӏараб-тараб цӏехола, щибаб байрам гьезда баркула, нижехъа бажарараб кумек гьабула гьезие.\nГьеб Советалде дун ккана дирго мугӏалимзабазул тӏалабалъ. Гьез диде кӏвар кьечӏебани, дун лъикӏго хӏадуричӏевани, гьениве восилароан. Дир гӏадан лъугьине квербакъараб бакӏ ккола гимназияги гьелъул мугӏалимзабиги. Дида гьеб кӏочон теларо, — ян абуна гӏолилас.\nГьединал хӏаракатал гӏолилал руго Ленинкенталъул гимназиялъул 11 «б» классалда.\nГимназиялда цебе буго байбихьул классазул школаги. Лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ гьелъие нухмалъи гьабулеб буго завуч-организатор Валиев Хӏажимухӏамадица.\nХӏажимухӏамад гьавуна Шамил районалъул Тӏасаколоб росулъ 1947 соналъ. Тӏокӏлъиялда росулъ микьгосонилаб школаги лъугӏизабун, 1964 соналъ Буйнаксиялъул тӏоцебесеб педагогияб училищеялда цӏалана.\n— Лъабабилеб курсалде вахарав чи армиялде ахӏана дун. Лъабго соналъ гьениб хъулухъги тӏубазабун, цӏидасан тӏад вуссана училищеялде.\n1970 соналъ хӏалтӏизе лъугьана Хӏебда росдал гьоркьохъеб школалъул байбихьул классазул мугӏалимлъун. Хадув микьго соналъ хӏалтӏана гьенивго военруклъун.\nЛенинкенталъул гимназиялде ракӏалдаго гьечӏого ккана дун. Дидаго цеве цӏаларав васасул классцоязул данделъиялде ахӏун вукӏана дун. Нахъисеб къоялъ эхеде ине нияталда вукӏарав чи, доб мехалъ гимназиялъул вукӏарав нухмалъулев, Мухӏамад Насрулаевас гьарана хӏалтӏизе гьанив чӏайилан. Чакар Мажидовна доб мехалъ йикӏана завуч-организаторлъун. Гьелъиеги кумекалъе чи къваригӏунилан директорасги гьаридал, чӏана. Гьеб букӏана 1987 сон. Дида тӏадкъана хӏадурлъиялъул классалде росулел лъималазул документал къабул гьаризе. Доб мехалъ гьенив вукӏана 22 вас ва 12 яс. Гьале 35 сон сверана исана гьеб хъулухъ тӏаде босаралдаса.\nЖакъа байбихьул школалда цӏалулев вуго 906 чи. Цебе Совхозалъул букӏараб минаги къачӏан, гьабуна нижеца байбихьул классалъул лъимал цӏализе бакӏ. Гьеб къачӏалаго, гӏемерав хӏалтӏизе ккана, хӏасил дун пашманлъараб ккечӏо. Жакъа эркенго азаргогӏанасев чи цӏализе гӏураб мина буго хӏалтӏулеб. Гьединго школалда цебе буго кӏиго гектаргӏанасеб ракь. Тӏоцеве дун гьениве хӏалтӏизе вачӏараб мехалъ, росдал боцӏи жаниб сверулеб, агъаз гьечӏого рехун тараб гӏадаб бакӏ букӏана гьеб. Нижеца гьеб сверун къана сеткаги ккун. Узухъда, гьеб ракь жидеего къваригӏун, чанги чияс къасд гьабуна гьеб нижехъа бахъизеги. Амма гьезул мурад гӏумруялде бахъинчӏо, — ян бицана Хӏажимухӏамад Валиевас.\nЦӏакъ хабар гьуинав, гӏумру бихьарав, кигӏан жиндаса гьитӏинав чиясулги адаб-хӏурмат бугев чи ватана Хӏажимухӏамад Валиев. Гимназиялда дагьал гьечӏо гьесул тарбия щварал, дарсал росарал чагӏи. Гьезул чангиял жалгоги руго мугӏалимзабилъун. Амма гьезие Хӏажимухӏамадил дарсал жакъаги къиматал руго. Къварилъи-гӏатӏилъи цӏехезеги, захӏматаб суал дандбазеги гьесухъе вортула гьитӏинавги кӏудиявги. Гьединал гӏадамаз берцин гьабула гӏумру. Хасго иман бугев мугӏалим гӏумруялда дандчӏвани, гьеб бичун босизе щолареб давла буго чиясе.\nГьединаб пикругун къо-лъикӏ гьабуна дица Ленинкенталъул гимназиялъулгун. Жеги анцӏ-анцӏ наслаби гӏумрудул нухде тӏоритӏизе къуватги жанги кьеги гьелъул мугӏалимзабазе.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16651-nizher-khialtii-kabinetaldasa-gureb-shkolal-ul-azbaral-usan-bajbikhula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16651-nizher-khialtii-kabinetaldasa-gureb-shkolal-ul-azbaral-usan-bajbikhula", "title": "«Нижер хӏалтӏи кабинеталдаса гуреб, школалъул азбаралъусан байбихьула»", "date": "2022-03-25 08:18:24", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Чакарил гимназиялде уней йикӏарай дун, ячун кӏиабилеб школалде цее щвезаюна маршруткаялъ. Битӏараб бицани, гьеб къоялъ гурони лъачӏо Ленинкенталда школа кӏиго букӏин. Кинха лъазеги лъалеб, цо рахъалъ, Махӏачхъалаялда тӏоритӏулелщинал тадбиразулъ «Ленинкенталъул 35-абилеб гимназия» абун, кидаго цого школа рехсолеб рагӏулеб мехалда.\nТолстикова асир гьаюрал лъимал\nПалхӏасил, ахир-къадги тӏаде ккана 35-абилеб гимназиялде. Шагьар кинигин кӏодолъараб, минаби разе бакӏал хиралъараб Ленинкенталда гьабгунияб чӏобогояб ракь киндай школалъухъ хутӏарабилан ракӏалдеги ккана, балагьун бер щолареб гьелъул азбар бихьидал. Гьеб пикруялдаса дун юссинаюна балеб гӏазу букӏаниги, школалда жанире жал ахӏизегӏан, линейкаялда гӏадин, рагьтӏа рахъун чӏун ратарал лъималаз. Релъа-рохун цоцазда кӏалъай гурони, тӏасан ккараб гӏамалги халлъулеб букӏинчӏо гьезулъ. Хоралъ «йорчӏамиги» кьун, дун жание йиччана гьез.\n«Чанго соналъ цее нижехъе щун йикӏана республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьерлъунги лъай кьеялъул министрлъунги хӏалтӏарай Екатерина Толстикова. Цебеккун лъиданиги цӏарги бахъичӏого, тохлъукьего ячӏун, школалъул рагьтӏе щварай гьелъие «йорчӏамиги» кьун, мун киса щийин, кумек хӏажат бугищилан хъваш-баш гьабизе лъугьун ругоха нижер цӏалдохъаби. Вай, жиндие гьез гьабураб асарилан бицунаан гьелъ йохуца холаго хаду-хадубги. Гьединлъидал РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева Махӏачхъалаялде ячӏиндал, жинда лъалин мун кинаб школалде ячине кколеянги абун, нижехъе гьейги ячун ячӏана Екатерина Толстикова», — ян бицана дида дандчӏвазе ячӏарай мугӏалим Мадина Мухӏамадовалъ.\nОльга Васильевалъ гьезухъе гьабураб сапаралъул бицунеб тӏубараб стендги бугоан жанахӏалъуб бан. Гьелъулго гӏадин, цогидал гьалбадерилги, республикаялъул нухмалъулезулгун ва интересал гӏадамазулгун цадахъ чӏун рахъарал гьезул цӏалдохъабазул сураталги ругоан.\nЧияр школазе —щуго директорги лъабго завучги\nДир мурад букӏана гӏезегӏан соназ цебе гьениб рагьараб социалиябгун психологияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ хъвай. Амма гьелда цебе школалдаса гӏебеде цо гьитӏинабго экскурсия гьабизеги ракӏалде ккана. Республикаялдаго цӏар рагӏараб Ленинкенталъул гимназиялъул директоралъул кабинет бихьизе гъира букӏана дир. Цогидал нухмалъулезулго гӏадаб, чӏухӏа-къулараб къайи-цӏаялъул цӏураб, гӏатӏидаб бакӏ цебе чӏезабунги букӏана. «Лъаларо, лъаларо, лъикӏищ гьеб, квешищали», амма гьеб батана кӏиго столги цоцада тункизабун лъураб, школалъе щварал кубоказулгун тӏахьазул ва суратазул цӏураб чӏедерабго рукъ. Гьединабго гӏадатлъи халлъана жийго Чакар Мажидовалъулъги.\nБитӏараб бицани, бокьун букӏана Тӏукитӏаса бахъараб Ленинкенталде щвезегӏан Чакар Мажидовалъул гӏумрудул нух бихьизабураб интервью гьабизе. Цӏалдохъаби гурелги, махщелчагӏиги – цогидал школазе щуго директорги лъабго завучги – куцанин гьелъилан бицана цадахъ йикӏарай Мадина Мухӏамадовалъги.\nАмма щиб-щибниги къваригӏелалъ аскӏоре рачӏунел учительзабазниги цӏалдохъабазниги сверун ккурай гьелъул эркенго гара-чӏваризе заман гьечӏолъиги бичӏчӏун, дица нух босана цогидаб рахъалдехун. Жанахӏалъусан кьер гьабун рачӏунел гӏисинал классазул цӏалдохъабазда цадахъ цин щвана школалъул музеялде, хадуй библиотекаялде.\nИнтернеталъ нахъе цулел ругин ракӏалде кканиги, ахираб заманалда тӏахьаздехун лъималазулъ цӏидасан рокьи бижизе лъугьун бугин бицана библиотекарал Марият Эфендиевалъги Асият Набиевалъги. Купринил, Гоголил, Тургеневасул, Достоевскиясул («Братья Карамазовы», «Идиот»), гӏурус мацӏалде руссинарурал Муса Мухӏамадовасул, Мухӏамад Хуршиловасул (хасго «Сулак – свидетель») асарал рокьулел ругила гьезие.\nШколалда лъарагӏазулаздаса цӏикӏкӏун руго магӏарул лъимал. Гьединлъидал библиотекаялдаса гӏемер росулел руго магӏарул адабияталъул тӏахьалги.\nБерда бихьичӏониги, кумек кӏудияб хӏалтӏи\nГьенисан дун къокъана цебехун бицен гьабураб социалиябгун психологияб хъулухъалъул (СПС) кабинеталде. Гьелъие нухмалъи гьабулеб бугоан дие экскурсия гьабулей йикӏарай Гьоориса Мадина Мухӏамадовалъ.\nГӏатӏидабго кабинеталъур гӏодор чӏун рукӏана ункъоял – Мадина Мухӏамадоваги, гьелъулго цӏар гӏахьал – Ругъжаса Мадина Мухӏамадоваги, Тӏадмагъилъа Салтанат Ашибоваги, Тӏукитӏаса Патӏина Сулеймановаги (Чакар Мажидовалъул ясалъул яс). Бихьулеб букӏана гьел киналго цоцалъ гӏамал рекъарал, пикру цадахъал ясал рукӏин.\nГьеб кабинеталда хӏалтӏизе учительзаби тӏаса рищизеги Чакар Мажидовалъ жий жийго йиччан йикӏанин бицана Гьоориса Мадина Мухӏамадовалъ. Гьезул ункъазулго руго цадахъго рачунел цогидал предметалги. Гьоориса Мадина Мухӏамадова ккола гӏурус мацӏалъулгун адабияталъул учительница. Ругъжаса Мадина Мухӏамадова – ингилис мацӏалъул, Салтанат Ашибова – авар мацӏалъул, Патӏина Сулейманова – тарихалъул учительница.\nХас гьабун социологиялда яги психологиялда тӏасан гьез кьолел дарсал гьечӏо школалда. Амма гьеб хъулухъалъ квербакъула цӏалдохъабазда жидедагоги учительзабаздаги гьоркьоб ахӏвал-хӏал роцӏинабизе. Масала, рокъоб дагьабниги къварилъи бугев учителас гьеб ццим жиндирго цӏалдохъанасда бецӏизе рес буго. Гьединлъидал СПСалъул вакилзабаз батӏаго рачун хабар бицуна гьединал мугӏалимзабазулгун. Гьединго цӏалдохъабазулгунги гьабула бичӏчӏи кьеялъул хӏалтӏи.\n«Гьабсагӏаталда нижер гьанир гурелги, тӏолабго улкаялдаго гӏемерлъун руго риххарал хъизамаздаса лъимал. Бищунго хӏинкъи бугеб группаялда гъорлъе уна гьел. Ратӏалъун, дагӏба-рагӏиялда ругел эбел-инсуца тӏалаб гьабуларо лъимералъул рекӏелъ щиб къварилъи бугебали. Гьединал цӏалдохъабазде кутакалда кӏвар кьола нижеца. Рокъоб эбел-инсуда бицине нечараб яги бокьичӏеб жо нижеда бицине рачӏуна лъимал.\nГьадабго хӏинкъи цӏикӏкӏараб группаялда гъорлъе хъвазе бегьула отличникалги. Щайин абуни, цӏалудехун бергьун кӏудияб кӏвар кьолел гьезул ракӏал лъукъизе рес буго цодагьабниги гьитӏинаб хӏужаялъгицин. Гьединго гӏемер лъай тӏалаб гьабизе лъугьиналъ гьезул сахлъиялъе зарал ккезеги бегьула. Цо гьединай цӏалдохъанги ячун, гьелъул эбел ячӏун йикӏана нижехъе. Рокъоре кьурал киналго дарсал рагӏа-ракьанде щун, агъазул хӏубалъе инегӏан лъазаричӏого, гӏодойиччалареб, кьижулареб гӏамал лъугьун бугила гьелъул. Хӏисаб гьабидал, нижеда бичӏчӏана, цо рахъалъ, гьелъие гӏайибияйлъун гьей ясалъул эбелги кколейлъи. Школалде ячараб къоялдаса нахъе гьелъ ясалда бичӏчӏизабун буго щуйил гурони къимат босизе бегьуларилан. Гьединлъидал гьединал лъималазе кутакаб стресс ккола ункъил щванигицин.\nБерда бихьичӏониги, кӏудияб кумек буго гьаб хъулухъалъул (СПС). Жий директор йигилан батӏа кӏанцӏун чӏечӏого, мех-мехалъ Чакар Мажидовагицин ячӏуна нижехъе малъа-хъваязда, гӏакълуялда хадуй», — илан бицана Мадина Мухӏамадовалъ.\nСалтанат Ашибовалъ бицухъе, Махӏачхъалаялда дандеккун, минабиги ракьги учуз букӏиналъ, гьабсагӏаталда Ленинкенталда руго аслияб куцалда росабалъа гочарал гӏадамал. Гьезул гӏемерисел ккола гьоркьохъеб яшавалъул, амма рос-лъади ратӏалъарал хъизамал (кьолболъанго Ленинкенталда ругел гӏадамазул яшав батӏаго квешаб гьечӏо). Гьединлъидал социалиябгун психологияб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз зама-заманалдасан гьарулел руго рес гьечӏел гӏадал хъизамаздаса лъималазе сайгъатал. Яги жидецаго, учительзабаз, гӏарацги данде рехун, ялъуни рес бугел хъизамаздаса лъималаз ракӏарун, кьола ручкаби-къалмал, тетрадал, альбомал, гьединго бачӏуна жидедаго гьитӏинлъараб ретӏел-хьитгицин. Гьелдаса хадуб гӏуцӏун сияхӏгун, ящикал цӏун, гьеб къайи бицен гьабурал лъималазул рокъо-рокъобе щвезабулеб буго учительзабаз.\nГьелдаго цадахъ СПСалъул хӏалтӏухъабаз кӏвар кьолеб буго интернеталъ гьабизе бегьулеб заралалдеги. Масала, цӏираккарал хӏаяздеги аниме-культураялдеги машгъуллъарал лъималазулъ кьерилаздехун, учительзабаздехун, хӏатта рокъор ругел жидерго эбел-инсудехунгицин рокьукълъи, ццим бижиялъул хӏужаби гӏемер кколел ругелъулха гьанже улкаялдаго.\nЛъималазе рахӏат толарел яги гьадинго лъазе бокьарал жал гьикъизе суалал жанире рехулеб ящикги буго гьениб. Масала, дагьалъ цебе учительзабаз гьоркьоб лъун букӏун буго жакъа къоялда берцинлъи сундулъ бугеб (ратӏлилъищ, уколал гьарун гьорозабураб куц-мухъалъулъищ?) абун ясаз кьун батараб суал.\n«Бищун хӏинкъараб ригь буго лъималазул гьеб – балугълъуде рахунеб гӏуж. Гӏакълуги цӏубачӏеб, амма жал кутакал чагӏиян ракӏалдеги кколеб. Лъикӏ цӏаличӏониги церетӏолел ругин цо-цо чагӏи, телефон гелдезабулел блогеразе щолеб бугин квер цӏалтараб гӏарацилан чӏола гьел зама-заманалдасан. Гьа, гьале бачӏана Инстаграм гьукъараб заман. Кире гьанже гъол блогерал унел? Гьединлъидал тӏоцебесеб иргаялда цӏали букӏине кколин бичӏчӏизабула нижеца лъималазда», — ян бицана Салтанат Ашибовалъ.\nТелефоналда жанире руссарал лъималазул бутӏрул сверизарулел ругин соцсетазилан тӏаде жубана Мадина Мухӏамадовалъги: «Дунялалъул боцӏуда хадур лъугьун жалгоги рукӏун, телефоналги кодоре кьун, тун руго эбел-инсуца лъимал. Психика хисизаби гуребги, цӏалдезе хӏажалъулеб заманги чӏвалеб гьечӏищ гьел телефоназ. «Фонарикалги» кодоре кьун таниги гӏелин абула нижеца гьезул эбел-инсуда. Гьединлъидал школалда телефонал кодор кквезе гьукъула нижеца. Гьукъаниги щибха, рокъоре щведал росулел ругелъул гьез гьел кодоре. Гьединал лъимал тӏатинарула нижеца. Батӏи-батӏиял цӏараздасан соцсетазда жанире лъугьун, учительзабаз жидецаго хал гьабула гьенир жанир щал ругелали. Гьединго гьудуллъи ккола лъималазда гьоркьоб рагӏи билълъарал гӏадал цӏалдохъабазулгун. Гьезул кумекалдалъунги лъала нижеда интернеталдаса харбал – нижер цӏалдохъаби ругищ гьенир; ратани, кинал къокъабаздаса гӏебеде гьел ругелали».\nГьединаб халкквейги гӏадлуги букӏиналъ, Махӏачхъалаялдаса бахъарал хӏалтӏизе рачӏунел учительзабаз жидерго лъималги гьенире рачун рачӏунин бицана цогидай Мадина Мухӏамадовалъ (Ругъжаса).\nДиректорги кӏудияй эбелги\n«СПСалъул кабинеталъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунаго, гӏолохъанал ясал-учительзабаз гӏемер рехсолей йикӏана Чакар Мажидова.\n«Коллективалда жаниб парахалъи букӏин нухмалъулесда бараб буго. Гӏагарал чагӏаздехун гӏадаб цӏайиги рокьиги букӏуна дир гьал учительзабаздехун. Гьеб ккола Чакар Мажидовалъул хӏаракаталъул хӏасил. Дуда кколеб батилаха газеталда хъвазе къваригӏун, нижерго директоралъе гӏададисеб рецц-бакъ гьабулел ругин нижилан. Гуро. Къойилго нижеда цеелъидал гьей йигей. Нижедаго лъачӏого, гӏисинккун, щивасул рекӏелъе нух балагьизеги, хӏалтӏудехун гъира базабизеги, ниж битӏараб нухде тӏоритӏизеги гьунар буго гьелъул.\nГьале гьай Салтанат хӏалтӏизе лъугьараб заман букӏана. Азбаралъуй данде ккарай Чакар Мажидовалъ гьелда абун буго, Салтанат, дур хӏалтӏи СПСалъул кабинеталдасан гуребха, гьале гьаб школалъул азбаралъусан байбихьулилан. Битӏарабги гьечӏищха? Гьелдаса нахъе жинца кидаго хал гьабулин нухда-къватӏисан унел, расандулел, яги рахъун чӏаралгицин лъималазулилан абула Салтанатица. Гьебги кколелъул социологияги психологияги.\nДун гьаб школалде ячӏун кьолеб тӏоцебесеб дарсихъ гӏенеккизе ячӏун йикӏана Чакар Мажидова. Киндай дихъа гьеб лъугьина, директоралъ щибдай абилаян, хӏинкъуца холей дунги йикӏана. Аммаха! Дарс лъугӏун хадуй дун гьелъ еццараб куц бихьарабани дуда! Вайила, жиндие щварай къанагӏатаб гьунаралъул учительницайила, мугъзада нахъаги ругила гьелъул бералги гӏундулги. Гьелдаса хадуй йоржине къачӏан дунги хутӏана. Божизеги божана дирго гьунаралда. Цинги ракӏалде ккана Чакар Мажидовалъ гъоб къоялъ дир рахъалъ абурал рагӏаби ритӏухъ гьаризе кколин дица кидаго, гьелдаса гӏодобегӏанаб даражаялде ккезе чӏезеги бегьуларин дун киданиги. Гьанжего-гьанже хӏалтӏизе лъугьарав бокьарав учителасулъ, вуцӏун-куцан, пагьму-гьунар тӏатинабизе бажарула гьелъухъа», — абун бицана Мадина Мухӏамадовалъ (Гьоориса).\nГъоб къоялъ директоралъ жинде гьабураб божилъи ритӏухъ гьабунин Мадина Мухӏамадовалъ абун бицана Салтанат Ашибовалъ: «Мадина Хӏажиевнаялъул 25 выпускникас гъоркьисала ОГЭги ЕГЭги кьуна, цониги лъабил къимат гьечӏого, ункъил-щуйилазда. Гьеб рикӏкӏуна кутакалда тӏадегӏанаб хӏасиллъун», — ан.\nЧакар Мажидова гьел ясал-учительницабазе директор йигониги, Патӏинае кӏудияй эбел ккола.\n«Гьитӏинаб мехалда дида гьей рокъой къанагӏат гурони йихьулароан. Аслияб заман хӏалтӏуда унаан гьелъул. Рокъой гьей дагьай батӏияй йикӏуна – масала, нижеде эбел семизе лъугьани, яхъун нижер рахъги ккун чӏолаан, гӏелбащадай гӏадин йикӏунаан нижеда, гӏисинлъималазда, гъорлъ. Гьанжеги гьединайго йиго», — ян бицана Патӏина Сулеймановалъ.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "16653-l-ajgi-tarbiyagi-batia-tiolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16653-l-ajgi-tarbiyagi-batia-tiolaro", "title": "Лъайги тарбияги батӏа тӏоларо", "date": "2022-03-25 08:48:31", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гьанжесеб заманалда лъималазе тарбия кьеялъул жавабчилъи гӏицӏго эбел-инсуда бараб бугин, лъай кьей гуреб школалдаги тӏадаб гьечӏин абулеб рагӏула гӏемерисел учительзабаз. Тарбия кьеялъул кинабниги жавабчилъи тӏаса рехизе хӏаракат бахъула цо-цо школаз. Лъай кьейгун цадахъ, гьелдаго бащадаб даражаялда тарбиялдеги кӏудияб кӏвар кьолеб бакӏлъун ккола Ленинкент поселокалда бугеб №35 гимназия. Аслияб къагӏидаялъ патриотикияб тарбия кьеялде кӏвар кьолеблъун рикӏкӏаниги, тарбия кьеялъул киналниги рахъал жанире рачуна рехсараб школалъ. Цӏалдохъабазе патриотикияб ва рухӏияб тарбия кьеялда, республикаялдаго цӏар рагӏарал, махщел камилал учительзабазул коллектив гӏуцӏиялда тӏад 50 соналъ свак гьечӏого хӏалтӏана №35 гимназиялъул директор Чакар Мажидова.\n«№35 гимназия» МБОУ ккола РАОялъул (Россиялъул лъай кьеялъул академия) лъай кьей цебетӏеялъул стратегияб институталъул хӏалбихьиялъулгун экспериментал тӏоритӏулеб школа. 2019 соналда РАОялъ гӏуцӏун букӏана тарбия кьеялъул мисалияб программаялъул хӏалбихьи (апробация). Гьелда гӏахьаллъана №35 гимназияги. ДРялъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул учитель, тарбия кьеялъул рахъалъ завуч Наида Гьитӏиновалъул жигаралдалъун гьеб программаялъулъ гӏемерал хиса-басиялги гьаруна. 2020 соналда школазда хӏалтӏизабизе РАОялъ бихьизабураб тарбия кьеялъул программаялъе аслулъун босана Ленинкенталъул гимназиялъул «Возвращение к истокам» абураб программа. Гьелъул кьучӏалда гӏуцӏараб цӏияб программа бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏана ва гьеб лъуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул сайталда. Махӏачхъалаялъул УОялъул амруялда рекъон, тахшагьаралъул школазул тарбия кьеялъул программабазул хал гьабулей экспертлъун тӏаса йищана Наида Гьитӏинова. Ленинкенталъул №35 гимназия абуни, тана Махӏачхъала шагьаралъул школазул тарбия кьеялъул хӏалтӏул центрлъун.\nЦерехун унезе кумекалъулаб квер\nНаида Къурбановна 11 соналъ хӏалтӏулей йиго тарбия кьеялъул рахъалъ завучлъун. Гьелдаса цее 14 соналъ вожатыйлъунги хӏалтӏана. Жийгоги цӏалараб школалъул тӏалаб жиндирго рукъалъул кинниги гьабулеб буго Наидаца. Наидал умумул ккола Шамил районалъул Гӏуриб росулъа. Школалда цӏалулеб заманалдаго ругьунлъана гьей тарбия кьеялъулаб ва нухмалъиялъулаб хӏалтӏуде.\n«Дун йохарай йиго дир насихӏатчӏужу, нухмалъулей, куратор, дида кинабго хӏалтӏи малъарай Чакар Мажидовагун хӏалтӏулей йикӏаналдаса. Гьеб дир битӏккейлъун рикӏкӏуна дица. Чакар Мажидовнаялъул гӏадаб жигарчилъиялъул, гӏуцӏарухъанлъиялъул махщел бугел цогидал нухмалъулел гӏумруялъго рихьичӏо дида. Гьелъ квербакъун ва малъа-хъваял гьарун рукӏинчӏелани, дун жакъа гьадинаб даражаялде яхинароан, дидаго ракӏчӏей букӏинароан. Чакар Мажидовнаялъ кидаго абула: «Церехун унезе кидаго хӏажат буго кумекалъулаб квер», — илан. Нагагь кинавгӏаги чиясулъ гьунар, пагьму бихьани, гьезухъе кумекалъулаб квер нужецаги бегьеян малъула гьелъ нижеда.\nХасго ракӏ бохула батӏи-батӏиял конкурсазулъ гӏахьаллъулелъул ниж гӏемерисезда лъалел рукӏиналъ. 35 гимназиялъул цӏар бахъарабго, Чакар Мажидовалъул школайин абун гара-чӏваризе лъугьуна гьел нижеда», — ян бицана Наида Гьитӏиновалъ.\nНаида Гьитӏинова №35 гимназиялда хӏалтӏулелдаса исана 26 сон буго. Гьелъ махщалида нухда бачунеб буго школалъе тарбия кьеялъулаб пиша. Жиндирго хӏалтӏул аслияб мурадлъун Наидаца рикӏкӏунеб буго тарбия кьеялъул хӏалтӏул къагӏида тӏадегӏанаб даражаялда гӏуцӏи. Гьеб хӏалтӏул аслулъунги ккола щивав цӏалдохъанасулъ лъикӏаб хасият куцаялъе, гьев цеветӏеялъе шартӏал гӏуцӏи.\n«Букӏинеселде гали» гӏелмиябгун цӏех-рехалъулаб конференциялда гӏахьаллъи гьабулаго, Наида Къурбановнаялъ цӏалдохъаби ругьун гьарула батӏи-батӏиял бакӏаздаса информация балагьизе, гьелда тӏад хӏалтӏизе. ТОКСалъул передачаби рахъулелъул краеведениялъулабгун цӏех-рехалъулаб хӏалтӏи гӏуцӏизе квербакъула.\nТарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместителалъул нухмалъиялда гъоркь школалда гӏуцӏун буго «Светофор» ЮИДалъул (гьитӏинал инспекторазул хьвади) агитбригада. Республикаялъул ва шагьаралъул къецазда тӏадегӏанал бакӏал щола гьезие.\nГьитӏиновалъ нухмалъулеб буго школалъул «СССР» абураб КВНалъул къокъаялъе. Махӏачхъалаялъул КВНалъул школалъулаб финалалде борчӏана «СССР» къокъаги.\nНаида Гьитӏиновалъул нухмалъиялда гъоркь №35 гимназиялда гӏуцӏун руго «Бергьенлъиялъул волонтерал», «Юнармия» абурал къокъабиги. Гьез гӏахьаллъи гьабула «Хвел гьечӏеб полк», «Лъикӏлъи гьабе», «Хӏалуцараб ракӏ», «Аскӏосезе кумек гьабе» ва цогидалги тӏолгороссиялъул акциязда. 2015-2019 соназда жаниб Гьитӏиновалъул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел классалъул лъабго нухмалъулей «Самый классный классный» абураб къецалда тӏадегӏанал бакӏазе мустахӏикъалъана.\nХӏалтӏуде бугеб гъира-шавкъги рокьиги бихьула цӏалдохъабазе тарбия кьеялде Наида Гьитӏиновалъ гьабулеб кӏваралъулъ. Свак гьечӏого хӏалтӏулей завучалъул къимат гьабула цӏалдохъабазул эбел-инсуцаги цадахъ хӏалтӏулезги.\nНаидае гьоркьохъеб лъай щвана жийго хӏалтӏулеб гимназиялда. ДГПУялъул историялъул факультетги лъугӏизабун, жиндирго гӏагараб школалъе хъулухъ гьабулеб буго. Дагьаб цебегӏан республикаялда тӏобитӏараб «Букӏинеселде гали» абураб къецалда «Хъахӏал халгӏатал ретӏарал малаикзаби» абураб Гьитӏиновалъул ахирисеб хӏалтӏиялъеги тӏоцебесеб бакӏ щвана. Жиндирго хӏалтӏулги гӏагараб хъизамалъул хӏакъалъулъ кинниги бицуна гьелъ:\n«Дир хӏалтӏулаб къо цӏакъ гьайбатго ва гӏажаибго хехго уна. Радалго Чакар Мажидовнагун дандчӏвала, хӏалтӏул аслиял масъалабазул хӏакъалъулъ пикраби дандрала гьейгун. Хадуб цӏалдохъабазул ретӏа-къаялъул хал гьабула. Цӏалдохъаби васазул данде гьабураб къокъагун, низам цӏуниялъул хӏалтӏи цадахъ рекъон гьабула. Батӏи-батӏиял тадбиразде хӏадурлъула. Цояб къо цогидалда релълъараб букӏунаро. Классалъул нухмалъулелгун дандчӏвала, кинабгӏаги захӏмалъаби ругони гьеб бакӏалдаго тӏуразе хӏаракат бахъула. 1800 цӏалдохъан вугеб школалда киналго мисалияллъун рукӏине рес гьечӏелъул, захӏмалъабиги дандчӏвачӏого хутӏуларо. Нижеца тӏоцебесеб иргаялда захӏмалъаби тӏуразе яхӏ бахъула. Завуч хӏисабалда дирго хӏалтӏи бухьинабула цӏалдохъабазе битӏараб тарбия кьеялда. Битӏараб бицине, жидерго гъалатӏал рукӏин мукӏурлъизе, гьелги ритӏизаризе ругьун гьарула цӏалдохъаби. Рокъобги школалдаги кьолеб тарбия цоцада бухьараб букӏине ккола. Эбел-инсуцаги школалъги хӏалтӏи цадахъ рекъон гьабулеб гьечӏони, къадру бугев инсан гӏезавун бажаруларо.\nЖакъасеб къоялда гьабизе хӏисабалде босараб хӏалтӏиги бащдаб нухда рехун тун чӏезе дихъа бажаруларо. Цо-цо мехалда цӏакъ свакала, цогидаб мехалъин абуни, хӏалтӏудаса рокъое инецин бокьуларого йикӏуна», — ян.\nГимназиялда цӏалдохъабазулгун гьабулеб тарбия кьеялъул хӏалтӏул ва республикаялъулго школазе мисалияблъун бихьизабулеб программаялъул хӏакъалъулъги бицана Гьитӏиновалъ.\n— Исанасеб программаялъулъ тарбия кьеялъул чанго батӏияб рахъалде кӏвар кьолеб буго. Гьелда рекъон, школалъ цӏалдохъабазе кумек гьабула букӏинесеб махщел тӏаса бищизе, эбел-инсулгун хӏалтӏи гӏуцӏула, экспедициял, экскурсиял, батӏи-батӏиял сапарал тӏоритӏула, сахлъи цӏуниялде кӏвар кьола ва цогидалги кӏвар бугел хӏалтӏаби гьарула. Тарбия кьеялъул рахъалъ церелъурал масъалаби тӏуразе ва цӏалдохъаби гӏадамалъе рахъинаризе гӏоло гьезулъ напсалъул, гӏадамазда гьоркьор хьвада-чӏвадиялъул ва хъизамалъул культура куцала.\nГимназиялъул тарбия кьеялъул рахъалги хӏисабалде росун, щивав классалъул нухмалъулес гӏуцӏун буго классалъе тарбия кьеялъул жиндирго программа: «Бергьенлъиялде нух», «Ниж – улкаялъул букӏинесеб», «Талихӏал ракӏазул планета», «Адабалъул тарбия» ва цогидалги. Гьел программаби бищунго лъикӏаллъун рехсана республикаялда тӏобитӏараб абураб къецалда. №35 гимназиялъул учительзабаз тӏадегӏанаб махщел бихьизабуна гьеб къецалда. 2015 соналда гьениб «Самый классный классный» республикаялъул къецалда тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Т. Хӏасанхӏусенова, 2017 соналда кӏиабилеб бакӏ щвана Рашия Устархановалъе, 2019 соналда Камила Гьитӏинова тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана.\nУмумузул нухдасан\n— Гӏемерисезда ракӏалде кколеб батила, нижер гимназия патриотикияб тарбия кьеялде буссинабураб бугелъул, гӏицӏго ТОКСалъул хӏалтӏиги гьабун, гьелда гӏей гьабун чӏун, цогидаб рахъалде дагьго гурони кӏвар кьолеб батиларин абун.\n1990 соналдаса нахъе гимназия ккола лъималазулгун гӏолилазул туризмалъул ва краеведениялъул республикаялъулаб централъул базовияб школалъун. Нижер гимназиялъул аслияб рахълъун ккола Рагъулабгун патриотикияб тарбия кьей. Республикаялъулго ТОКСазул штабалъул аслияблъунги гӏадада гуро нижер школа рикӏкӏунеб.\n1993 соналдаса нахъе гимназиялда хӏалтӏизабулеб букӏана Чакар Мажидовалъул нухмалъиялда гъоркь нижерго творческияб къокъаялъ гӏуцӏараб «Умумузул нухдасан» абураб программа. Гьеб программаялъулъ рагьун рукӏана тарбия кьеялъул киналниги рахъал.\n2019 соналда ниж ритӏана Ставрополалде – школазда тарбия кьеялъул цӏияб программаялъул хӏалбихьизе. Гьеб программа бихьидал, гьадинабгийищ хӏалтӏи букӏунебан абун, ццим бахъун йикӏана дун. Гьеб программаялъулъ букӏинчӏо нижер ТОКСалъул патриотикияб пиша. Дица гьезда гьикъана нижер патриотикияб программа киб хӏалтӏизабилеб абун. Лъагӏалидасан гьеб программаялда гъорлъе бачун батана нижеца кидаго хӏалтӏизабулеб букӏараб патриотикияб тарбия. Цӏияб программаялде тӏаде жубан батана «Щивасул цӏар ракӏалда буго» абураб бутӏа. Гъоркьиса, цӏиял стандартазда рекъон, Дагъистаналъулго школазда тӏадкъана, нижер программаги кьочӏое босун, гӏуцӏараб патриотикияб программа хӏалтӏизабизе.\n1993 соналдаса нахъе школалда букӏана «Ирсилал» абураб лъималазул жамгӏияб гӏуцӏи. Пионерлъиялдаса хадуб хӏажат букӏана, цадахъ рекъон, лъикӏал пишабазулъ гӏолеб гӏел гӏахьаллъизабизе. «Ирсилал» гӏуцӏиялъул буго жиндирго гимн ва эмблема. «Ирсилал» къокъаялъулъе росула, цере пионерлъиялде росулел рукӏаралго гӏадин.\n«Мугӏрузул гӏадатазда рекъон гӏумру гьаби» абураб ахӏиялда гъоркь хӏалтӏи гьабула цӏалдохъабигун.\nПачалихъалда жаниб пачалихъ\nТарбия кьеялъул хӏалтӏул аслияб бутӏалъун ккола киналго классал школалъул гӏаммал тадбиразда гӏахьаллъизари. Гьелъ цӏалдохъабазул хасият ва пагьму цебетӏезабула, щибаб класс — школалъул бутӏа тӏезабизе бегьулареб бутӏалъун букӏин бихьизабула. Цӏалдохъаби ругьун гьарула школалъул лъай кьеялъулъ гӏахьаллъизе. Чӏахӏиязда аскӏор, гьезда рекъон, жамгӏияб гӏумрудулъ гӏахьаллъизе ругьунлъула цӏалдохъаби. Гьелъие гӏоло школалда цӏалдохъабазда гьоркьор гӏуцӏула рищиял. Гьез тӏаса вищизе ккола цевехъан, ай гимназиялъул президент. Гьединго гӏуцӏун буго щуго комитетги, тӏаса рищула батӏи-батӏияб рахъалъул министралги. Цӏалдохъабазда гьоркьоб самоуправлениялъул къагӏида гӏуцӏиялъ рес кьола гимназиялда лъикӏаб ахӏвал-хӏал цӏунизеги цӏалдохъабазул лъикӏал хасиятал церетӏезаризеги. Пачалихъалда жаниб пачалихъ гӏадаб бакӏ бугин нилъер гимназияйин абула нижеца цоцада.\nГимназиялъул самоуправлениялъул хӏаракаталдалъун тӏоритӏула: «Бице, киб хвел бичулеб бугебали», «РДШгун зарядка», «Лъикӏлъиялъул дарсал» «Бацӏцӏадаб росу» абурал акциял, «Сталинградалъул рагъул», «Кӏудияб Ватӏанияб рагъул» хӏакъалъулъ хӏаял, спортивиял къецал ва цогидалги тадбирал.\nГимназиялда тарбия кьеялъул хӏалтӏи гьабула Наида Гьитӏиновалъ, социалияй педагог С. Ашибовалъ, психологал М. Хӏ. Мухӏамадовалъ ва М. М. Мухӏамадовалъ, вожатая П. Мухӏамадовалъ, библиотекаялъул хӏалтӏухъаби Марият Эфендиевалъ ва Асият Набиевалъ, медсестра У. Гӏумаровалъ, классруказул МОялъул нухмалъулей Р. Гӏабдурахӏмановалъ, классазул ва кружоказул нухмалъулез.\nМузеязул къецалда тӏоцебесеб бакӏ\nГимназиялда тарбия кьеялъул хӏалтӏи гьабула «Мугӏрузул гӏадатазда рекъон гӏумру гьаби» абураб ахӏиялда гъоркь. 40-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго «Ватӏан» («Отечество») абураб Тӏолгороссиялъулаб школазул краеведениялъул 19 рахъги хӏисабалде босун. Дагъистаналъул халкъазул бищунго лъикӏал гӏадатазда рекъон цӏалдохъабазе тарбия кьей ккола гьелъул мурад. Кинабниги школалда буго 63 отряд.\nГьеб хӏалтӏул хӏасиллъунги ккола музеялъул ункъо батӏияб зал гӏуцӏи: рагъулаб реццалъул, Дагъистаналъул халкъазул этнографиялъул, художествиябгун графикияб ва «Дагъистаналъул росабалъ».\nКъиматаб тӏагӏел бакӏари гуребги, гьениб гьабулеб буго музей гӏуцӏаралдаса нахъе школалъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏайги. Школалъул музей буссун буго цӏалдохъабазе тарбия кьолеб централде. Гьениб гӏуцӏун буго ТОКСалъул 10 отряд. Гьединго музеялъул руго кабинетал – филиалалги.\n2016 соналда республикаялъулго РДШязда гьоркьоб 10 пилотнияб школалде гьоркьобе унаан №35 гимназияги. Хадусеб соналда гьеб лъугьана РДШялъул Дагъистаналда бугеб аслияб школалъун. РДШялъул баракаталдалъун школалъе рес щвана федералиял проектазулъ гӏахьаллъизе ва улкаялъул бищунго лъикӏал школазул хӏалбихьиялдаса пайда босизе. Масала, РДШялъул проекталда рекъон, гимназия гӏахьаллъана музеязда гьоркьоб тӏобитӏараб тӏолгороссиялъул къецалда ва мустахӏикълъана тӏоцебесеб бакӏалъе. Федералиял проектазда гӏахьаллъулаго, батӏи-батӏиял къецазда тӏоцересел бакӏалги щвана цӏалдохъабазе.\nПедагогал ва эбел-эмен\nцадахъ рекъон\nРДШялъул хӏалтӏулъ кӏвар бугеблъун ккола гражданияб хӏаракат. Гьелда рекъон цӏалдохъаби ругьун гьарула лъикӏал ишазде, социалиял, экологиял, культуриял пишабазде.\n2017 соналда №35 гимназиялда гӏуцӏун рукӏана «Бергьенлъиялъул волонтерал», хадуб «Лъикӏал ракӏал» абурал отрядал. Лъималаз гӏахьаллъи гьабула батӏи-батӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиразда. РДШялъ рес кьуна цӏияб мультимедияб къагӏидаялде ругьунлъизеги. «Память жива», «Мы уходили на войну», «Голубь мира» ва цогидалги видеороликал рахъана ва социалиял гьиназдасан тӏиритӏизаруна цӏалдохъабазул хӏаракаталдалъун.\nГимназиялъул щивав цӏалдохъанасе рес буго, бокьараб рахъги тӏаса бищун, гьелда рекъон цеветӏезе. Гьезул пикрабазухъ ва анищазухъ гӏинтӏамун, кумекалъулаб квер гьезухъе бегьизе кидаго хӏадурал руго гимназиялъул педагогал. Тӏолгороссиялъул акцияз, цадахъал ишазулъ хӏаракат бихьизабулел къояз, форумаз, слетаз, хӏаяз цолъизарула тӏолалго цӏалдохъаби, педагогал ва эбел-эмен. Педагогал ва эбел-эмен цадахъ рекъон кьола гӏолеб гӏелалъе тарбия.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "16654-kij-jigej-nil-er-svetochka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16654-kij-jigej-nil-er-svetochka", "title": "«Кий йигей нилъер Светочка?»", "date": "2022-03-25 08:55:10", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Ленинкент поселокалъул №35 гимназиялъул байбихьул школалъул завуч, учитель Светлана Анатольевна Зайковская гьаюна, гӏуна ва цӏалана Приморский краялда, рагъул хъулухъчиясул хъизамалда. Гьелъул умумул кколаан рагъул лъимал. Гьениб гьелъул лъай-хъвай ккана заманалъ хӏалтӏизе вачӏарав магӏарулав Цӏумадаса Мухӏамадилгун. Гьел цоцазе рокьана, ригьин гьабуна ва, гьезул ясалъ ункъо сон байдал, ай 22 соналъ цебе, эбел-инсуе цо вугев вас хӏисабалда, гьев хъизамгун цадахъ тӏад вуссана ватӏаналде. Гочана Цӏумада районалъул Тӏаса Гьаквари росулъе.\nГьеб букӏана 1999 сон, Дагъистаналъе бищунго захӏматаб заман. Гӏурус нус цӏакъ лъикӏ къабул гьаюна росасул гӏагарлъиялъ, ячӏинахъего гьей киназего йокьана. Зайковская хӏалтӏана Тӏаса Гьаквари росдал школалъул байбихьул классалъул мугӏалимлъун. Росасе цо чӏараб хӏалтӏи щвечӏолъиялъ гьел гочине ккана Ленинкенталде, ва гьебсагӏатго Светлана хӏалтӏуде йосана №35 школалде.\nШколалъул директор Чакар Мажидовалъул тӏадкъаялда рекъон, ай 18 соналъ цебе, тӏоцебесеб октябралда, ригьалдаса арал чагӏазул къоялда, сайгъаталги росун, лъималгун цадахъ гьей ана Махӏачхъалаялъул «Ветеран» абураб херазул ва инвалидазул рокъое. Хадубккун гьеб акция лъугьана школалъул лъикӏаб гӏадатлъун, ва мех-мехалда гьел щола янгъизго хутӏарал харабазухъе гьоболлъухъ. Светлана Анатольевналъ абуна, жиндир цӏалдохъабазул улбузда лъалебго батичӏила Махӏачхъалаялда херазул гьединаб рукъ букӏин. Гьединлъидал гьезие гьеб хӏужаялъ кӏудияб ракӏбухӏиялъулаб асар гьабунила. Херазул талихӏ къараб къисматалъ жиндие цӏакъ квешаб асар гьабунила. Цее чӏанила Приморский краялда хутӏарай херай эбел ва нигат гьабунила гьей, кӏванагӏан хехго, жиндихъего ячине.\nСайгъатал, кечӏ-бакъан гуро гьел харабазе аслияблъун букӏунеб, гьезул анищ букӏуна жидерго лъималгун, гӏагарал чагӏигун дандчӏвазе. Гьезие цӏакъ бокьула школлъималазда къвал базе, гьезда баизе, гьел данде къазе, гьелгун гаргадизе.\nХеразул байрам тӏаде гӏунтӏулеб мехалда цӏалдохъабаз мугӏалималда ракӏалде щвезабула: «Анатольевна, мы к старикам едем?» — ан абун. Харабиги рукӏуна гьел рачӏиналъухъ балагьун, цо-кӏиго къоялъ кватӏани, гьез «Кий йигей нилъер Светочка?» абун, директорасул санагӏат хвезабула.\nЗайковскаялъ, цо кинабалиго разилъигун, ракӏалде щвезабуна: «Тӏоцере херазухъе рачӏунаан цохӏого цо нижер лъимал, гьелъги батила, харабаз абулаан: «Унго, №35 гурони, шагьаралда цоги школагойищ гьечӏеб?» — ан. Нижер акциял гӏемерисезда берцин рихьана ва, нижедаса мисалги босун, жакъа херазухъе уна тахшагьаралъул школазул лъимал, вузазул студентал, волонтерал, батӏи-батӏиял идарабазул хӏалтӏухъаби ва гӏадатиял гӏадамал. Масала, нижер гимназия лъугӏун арав Адам вуго гьуинал тӏагӏамал режулеб ва ричулеб бизнесалда. Гьес рехун тун гьечӏо жинцаго школалда гьабулеб букӏараб гурхӏел-рахӏмуялъул иш. Щибаб хамиз къоялъ гьес херазул рокъоре щвезарула пирогал, капризал, булкаби… Дица кьураб тарбиялъул гьединаб хӏасил ккеялдаса, гьайгьай, дун йохунги чӏухӏунги йикӏуна», — ян.\nГьабсагӏат, ковид унтиялъул хӏинкъи букӏиналъ, гимназиялъул цӏалдохъаби херазухъе ине бегьуларо, амма гьез гьеб гӏадат рехун тун гьечӏо. Кидаго гӏадин, гьезул улбуца ракӏарула сайгъатал, классалда тӏобитӏулеб концерталъул видео бахъула, гьелда букӏуна херазде видеохитӏаб. Херазе сайгъаталги росун, улбузул цояй йитӏула гьезухъе видеокассета щвезабизе. Лъималаздаса жидерго бугеб рохелги разилъиги лъазабун, баркалаги загьир гьабун, гьезги гимназиялде битӏун бачӏуна жидецаго бахъараб видеохитӏаб. Зайковскаялъ абуна, гьединал акциял кколила жиндир цӏалдохъабазе гуребги, хӏатта гьезул улбузеги кьолеб лъикӏаб тарбияйилан. Светлана Анатольевнаялъ абуна, гьел акциязул къокъаб каламлъун цӏалдохъабаз босанила «Лъикӏлъи сайгъат гьабе аскӏов вугесе» абурал рагӏаби. Лъималазулгун букӏунеб щибаб дандчӏваялда ва нух битӏиялда магӏил цӏун рукӏуна херазул берал.\nЦоял гӏунсби гӏунтӏун, цоял коляскабазда рекӏун, дандчӏваялде херал ракӏарула минаялъул кӏудияб жанахӏалде. Регаралъуса рахъине кӏоларезда лъималазул кечӏ-бакъан рагӏиялъе рагьун тола гьезул рукъзабазул нуцӏби. Концерталдаса хадуб цӏалдохъаби уна бусадаса рахъунарел херазухъе щвезе, лъималаз гьезда къвалал рала, гьезие сайгъатал кьола, цоцазулгун гьоркьоблъи щула гьабула. Хӏасил-калам, гьединал дандчӏваяз лъималазе кӏудияб асар гьабула, херазул къварилъи, янгъизлъи гьез жидерго рекӏелъан биччала. Мисалалъе, цо кӏудадаца, гьесда цӏар буго Мухӏамад, цо нухалъ лъималазда бицана, жиндир киналалиго захӏмалъаби ругин багьанаги бачун, заманалъин абун, васас жив гьаниве щвезавунилан. «Лъабго-ункъго соналъ тӏуран рахъунарел захӏмалъабийищ рукӏунел, нахъе вачине бокьун батичӏони, щай дихъе щвезегӏаги вачӏунарев дир вас»,- абун, бадиб магӏу хулана херасул.\nХеразул рукъалъул директор Мажид Мирзаевас, рухӏги хӏалги кьун, херазе гӏумру гьабиялъе гьенир чӏезарун руго цӏакъ лъикӏал шартӏал, гьезие тун гьечӏо щибго къваригӏунеб-камураб жо. Харабазе рес буго дандчӏваязда рукӏине, гьезие хӏухьбахъиялъе гьенир тӏоритӏула концертал, машгьурал чагӏазулгун дандчӏваял, гьел рачуна театразде, музеязде, ралъдахъе… Амма, хилиплъи гьабун, лъималаз рехун тун ругониги, хараби урхъун рукӏуна жидерго лъималазухъ ва гьезул лъималазухъ, къокъго абуни, гьезие аслияб жо ккола жидергун би жубарал чагӏазул берцинаб калам рагӏи, гьелгун дандчӏвай, гьезда къочине щвей. Къокъго абуни, харабазе херазул рокъоб лъикӏ буго, амма гьел чӏалгӏун руго жидерго лъималазул лъималазухъ.\nЗайковскаялъе бокьана «Хӏакъикъаталдасан» херазул тохал лъималазде гьадинал кочӏол рагӏабаздалъун хитӏаб гьабизе:\nТворите вы добрые дела,\nОни скоро к вам вернуться.\nДай бог вам счастья и тепла,\nИ сострадания к вашим близким.\nХадубги гьелъ абуна: «Гӏумруялда жаниб щиб кканиги, кигӏан кӏудияб захӏмалъи бугониги, херал чагӏи рукӏине ккола лъималазда аскӏор. Гьезие чадил мочӏу кьезе рес гьечӏев чи щивго вукӏунаро. Амма херал чагӏазе аслияб жо ккола лъималазул рекӏел хинлъи, гӏагарал чагӏазул адаб ва гьезие жал рокьулеблъи лъай», — ян.\nСветлана Анатольевнаялъ, цо кинабалиго чӏухӏигун абуна: «Поселокалъулалги пишацоялги цӏакъ рази руго нижер акцияздаса. Дир херай эбел цӏакъ рази йикӏуна дица гьабулеб гурхӏел-рахӏмуялъулаб ишалдаса, дир рос Александрги (Сагӏид) кидаго хӏадур вукӏуна дие кумекалъе вахъине. Гьес жиндирго гьудул-гьалмагъзабиги машгъул гьаруна гьеб ишалде», — ян.\nС. Зайковскаялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гимназиялъул завуч Патӏимат Хӏайдарбеговалъ абуна: «Школалде хӏалтӏизе ячӏараб къоялдаса нахъе Светлана Анатольевна лъугьана нижер талихӏалъул цӏвалъун. Сентябралда, лъимал классазде хъвалеб мехалда, киназго тӏоцее цӏехола Зайковская. Улбуз кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна гьелъул классалде лъимал ккей. Ячӏараб къоялдаса нахъе гьелъ бихьизабуна жиндирго гьунарги, лъималазде бугеб рокьиги. 1992 соналда байбихьул классазул учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб «Лъагӏал учитель» абураб конкурсалда Махӏачхъалаялда гьелъ босана тӏоцебесеб, республикаялда кӏиабилеб бакӏал.\nБищунго рокьулел чагӏазул гӏадин адаб гьабула гьелъул киналго поселокалъулаз, учительзабаз ва цӏалдохъабаз. Гьединаб хӏурматалъе мустахӏикъайги йиго гьей. Дие цӏакъ бокьила гьелъул гӏадаб гӏаданлъиги, адаблъиги, лъикӏлъиги нилъер щияй магӏарулалъул хасияталъулъги букӏине. Ниж чӏухӏаралги рохаралги руго гьадинай гӏадан нижер пишацояй йикӏиналдаса, гӏодоб накуги чӏван, бетӏер къулула дица гьалъие», — ян.\nСветлана Анатольевнаялда саламатго бичӏчӏула магӏарул мацӏ ва цо-цо рагӏаби абула. Гьелъ киданиги гӏурус мацӏалъ салам кьоларо, «ворчӏами», «къо-мех лъикӏ» абун гурони ва, жиндиего щибниги лъикӏлъи гьабуни, «кӏудияб баркалаян» абула, гьимулаго.\nГьей цӏакъ пашманлъизаюн йиго Украинаялда рагъ унеб букӏиналъ, ва хьихьардилей йиго гьенир ругел жиндирго гӏагарал чагӏазда хадуй.\nНилъ рохизе ккараб хӏужалъун рикӏкӏине ккола Светлана Анатольевнаялъги, гьелъул ясалъги, рос Александрицаги (Сагӏид – ислам босидал кьураб цӏар) бусурбан дин босун букӏин.\nХӏурматияй Зайковская Светлана Анатольевна, «Хӏакъикъаталъул» тӏолабго коллективалъ кӏудияб баркала кьолеб буго дуе дур лъикӏлъиялъухъ, гӏаданлъиялъухъ, гӏадатлъиялъухъ ва, цӏалдохъабигун цадахъ лъугьун, дуца гьабулеб кӏвар цӏикӏкӏараб гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏухъ.\nН. Нуриев"}
{"slug": "16655-tarikh-khalk-al-ul-bechel-i-muzej-tarikh-tsiunuleb-ruk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16655-tarikh-khalk-al-ul-bechel-i-muzej-tarikh-tsiunuleb-ruk", "title": "Тарих – халкъалъул бечелъи, музей – тарих цӏунулеб рукъ", "date": "2022-03-25 08:56:48", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гимназиялде щварав щинав чи чара гьечӏого вачуна гьениб бугеб тарихалъулгун этнографиялъул музеялде. Гьелъие кьучӏ лъуна 1975 соналда. Гьенибги кӏудияб бутӏа лъуна гимназиялъул директор Чакар Мажидовалъ. «Гьаб гимназиялда гьабулеб кинабго хӏалтӏуе аслулъун ккола Дагъистаналъул адабият. Адабияталъул асар цӏалулеб ва гьеб лъималазда малъулеб мехалда чара гьечӏого бицине ккола гьеб хъваялъе ккараб гӏиллаялъулги. Гьединал баянал ралагьулаго, данде гьабуна гӏемераб жо. Гьеб хӏалтӏулъ гӏахьал гьарулаан цӏалдохъабиги. Щибаб классалъул хӏаракаталъул лъалкӏ цӏуни – гьебги ккола тарбия кьеялъул хӏалтӏул бутӏа. Дарсиде яги класс тун къватӏибехунисеб тадбиралде хӏадурлъулаго бакӏарараб материалалъул кьучӏалда щибаб классалъ гьабизе кколаан альбом яги буклет. Гьелги руго музеялда цӏунун. Гьединаб къагӏидаялъ цӏалдохъабазулъ бижизабула цӏалуде гъираги», — ян бицана директоралъ.\nГьабсагӏаталда музеялда буго анцӏазаргоялдаса цӏикӏкӏун экспонат. Гьеб сокӏкӏун буго лъабго залалда, гимназиялъул жанахӏазда ва музеялъул филиалаллъун кколел кабинетазда. Щибаб кабинеталда лъун буго хасаб цӏарги: «Расул Хӏамзатовасул», «Дагъистаналъул росабалъан», «Дагъистаналъул Меседил Рецц», «Махӏачхъала – дир тахшагьар», «Даим кочӏолъ ахӏараб Кавказ», «Вацал Хӏажиевазул кабинет», «Атли-Боюн-Ленинкент» ва гь.ц.\nМузеялъул залазда ругел экспонатал рикьун руго 10 бутӏаялде: «Атли-Боюн-Ленинкент»; «Имам Шамил»; «Ленинкент поселокалъе кьучӏ лъурав Ж. Къоркъмасов»; «Умумузул устарлъи»; «Дир гъансито – Дагъистан»; «Дагъистаналъул халкъазул партал»; «Кӏовухъе гӏагар гьабуна нижеца гьаб къо»; «Кьалул авлахъалдаса нахъ руссинчӏел»; «Суратазул галерея»; «Нумизматика».\n«Суратазул галерея»\nГьеб залалда цере лъун руго гимназиялъул суратазул галереялъул цо бутӏа. Кинабниги гимназиялда буго 150-ялдаса цӏикӏкӏун сурат. Гьел киналго рахъана декоративияб искусствоялъул преподаватель Мухӏамад Хӏасановас. Гьенир руго Дагъистаналъул росабиги, тӏабигӏиялгун тарихиял памятникалги, умумузул некӏсиял гӏадаталги. Масала, Оцбаялъул бицунеб дарсида хӏалтӏизабизе бегьула гьелъул бутӏалъун кколеб тадбиралъул сурат. Авар адабияталъул дарсида бихьизабизе бегьула асар хъварав хъвадарухъанасул яги шагӏирасул сурат. Дагъистаналъул тӏабигӏаталъул гьайбатлъи ва дагъистаниязул къанагӏатаб партал, некӏсияб ва гьанжезаманалъул архитектура, ахӏул сиял ва тарихалда цӏар тарал гӏадамал – гьеб кинабго буго художникасул гьунаралъ кагътида даим гьабун.\nРагъулаб Реццалъул зал\nГьеб залалда ругел экспонатаз рагьула Атли-Боюналъул бахӏарчияб тарих. Росдал херазда цӏех-рех гьабун ва Подольск шагьаралда бугеб Рагъулаб архивалде хъвадарун, цӏалдохъабазгун учительзабаз мухӏкан гьабуна рагъде аразул ва кьалда даим хутӏаразул сияхӏ. Атли-Боюналдаса рагъде ана 158 гӏолохъанчи, тӏадвуссана – 64, кьалул авлахъалда хутӏана яги, араб бакӏ лъачӏого, тӏагӏана 92.\nРагъул щивав гӏахьалчиясул хӏакъалъулъ баянал гъорлъе рачарал альбомал руго музеялда. Гьезул хӏакъалъулъ бицуна ТОКСалъул къокъабаз. 2005 соналъул 9 маялда Ленинкенталда рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазе памятникги.\n2013 соналъул октябралда гьеб памятникалда цебе тӏобитӏана митинг. Гьениб лъазабуна, поселокалъул цӏияб микрорайоналда ругел къватӏазе кьезе бугин Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса тӏад вуссинчӏев 42 рагъухъанасул цӏарилан абун.\nУнголъунги, щивго кӏочон гьечӏо\nва щибго кӏочон гьечӏо…\nМузеялъул хасаб бокӏон гӏуцӏун буго Жалалудин Къоркъмасовасул хӏурматалда. Гьев ккола Ленинкент росдае кьучӏ лъурав чи.\nСоветияб Дагъистаналъул жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи Ж. Къоркъмасов цӏалана Франциялда бугеб Сорбоннаялъул университеталда. Революциялъул ва граждан рагъул хӏалуцарал соназда гьев тӏад вуссана Дагъистаналде ва жигаралда гӏахьаллъана революциялъул хӏаракаталда.\nАтли-Боюналда гӏумру гьабун рукӏарал гӏадамал жакъасеб Ленинкент бугеб ракьалде гочине гьесизаруна Къоркъмасовас. Гьесул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналда бана Октябралъул революциялъул цӏар бугеб каналги. Халкъалъул мустахӏикъав вас вукӏин хӏисабалдеги босун, гьесул цӏар кьуна посёлокалъул къватӏалъе ва поселок бакьулъ бугеб иццалъе – «Жалав-булахъ».\n«Атли-Боюн – Ленинкент»\nАтли-Боюн. Гьедин абулаан Атли-Боюналъул габурлъиялда букӏараб басрияб росдада. Лъарагӏ мацӏалдаса таржама гьабуни, гьелъул ккола «чол сухъмахъ» абураб магӏна. Гьеб букӏана, Темир-хан-Шураялдаса Анжиялде ва Анжиялдаса Темир-хан-Шураялде гьаказда къайи баччун, яшав гьабулел гӏадамазул росу. 1905 соналда букӏараб Атли-Боюналъул рекьарухъабазул восстаниялда цебехъанлъи гьабуна Черивмурза Супяновас. Захӏматаб букӏана басрияб росулъ гӏумру. Мукъсанаб ракь букӏана гьениб ва букӏинчӏо ах-хуралъе кинабгӏаги санагӏат. Гьебги хӏисабалде босун, жамагӏат разилъана цӏияб бакӏалде гочине.\nЦӏияб ракьалда бижараб росдал тарих буго музеялъул залалда. Масала, гьениб бихьана цӏибараб росулъ гӏуцӏараб школалъул тӏоцевесев директор Сагӏид Гӏабдулаевасул сурат. Цӏалдохъаби-гидаз нижее бицана гьев чиясул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гьевги рагъ байбихьараб мехалда школа лъугӏизабурал цӏалдохъабиги цадахъ ана ватӏан цӏунизе ва рагъдаса вуссинчӏо.\nГьанир руго совхозалъул тӏоцевесев директор Мухтар Гӏабдурахӏмановасул, школалъул мустахӏикъал учительзабазул, ДАССРалъул Верховный Советалъул председательлъун вукӏарав Хӏажикъасум Гӏалиевасул, Дагъистаналъул лъай кьеялъул тӏоцеесей министр-чӏужугӏадан Бурлият Мамашевалъул, ай Ленинкенталъул тарихалда лъалкӏ тарав щивав чиясул бокӏон. Музей рагьаралдаса нахъе гьезул мисалалда куцалеб буго ленинкенталъулазул гӏолеб гӏел.\nГьудуллъиялъул кьодул сакӏал\nДагъистаналъул тарихалдаги маданияталъул нахърателалдаги кӏудияб бутӏа лъурал гӏадамазул хӏакъалъулъ баянал гьарзаго тӏиритӏун руго музеялъул залазда. Гьенир руго Дагъистаналде сапарал гьарурал гӏурус археологал ва этнографал, сапарчагӏи ва хъвадарухъаби, масала, Афанасий Никитин, император Петр I-сев, машгьурав хирург Николай Пирогов, шагӏир Михаил Лермонтов, хъвадарухъан Лев Толстой, академикал Ковалевский, Анучин, Абах, Дмитрий Трунов; художникал: Ф. Рубо, Лансере ва гь.ц. Гьезул хӏаракаталдалъун Россиялъул ва дунялалъулго халкъазе рагьана Дагъистанги гьелъул бахӏарчиял халкъазул къисмат. Гьезул асаразги квербакъана нилъер халкъазул гьудуллъи щулалъиялъе. «Гӏолеб гӏелалда лъазе ккола ватӏаналъул цебесеб тарихги жакъасеб хӏакъикъатги», — ян абуна Чакар Мажидовалъ.\nГимназиялъул лъабтӏалаялъул мина тӏолабго музей бугин абуни, мекъи кколаро. Кабинетазда ва жанахӏазда сокӏкӏун руго цо ккураб темаялде рекъонкколел экспонатал. Масала, кӏиабилеб тӏалаялда буго суратазул галереяги Ленинкенталда рижулел хурдузул хӏакъалъулъ баяналги.\nСуратазул галереялда церелъун руго Дагъистаналъул халкъазул адабияталъе кьучӏ лъурал классиказул суратал: тумазул Гӏабутӏалиб Гъапуров, лезгиязул Сулейман Стальский, лъарагӏазул Йирчи Хъазахъ, магӏарулазул Хъахӏабросулъа Махӏмуд, даргиязул Гӏумарла Батирай. Руго гьанжезаманалъул хъвадарухъабиги – Расул Хӏамзатов, Фазу Гӏалиева ва гь.ц.\nМузеялда хасаб бакӏ ккола Шамил имамасул тарихалъул хӏужабаз. Цӏалдохъан-гидасул баяназда рекъон, Шамил вуго «рухӏиявги мугӏрузул халкъаз эркенлъиялъе гӏоло гьабураб къеркьеялъулги цевехъан хӏисабалда дунялалъулго тарихалда бутӏа лъурав магӏарулав. Гьесул бихьинаб гӏамалги кьварараб хасиятги ва бахӏарчияб къвакӏиги куцана мугӏрузул согӏаб тӏабигӏаталъ ва магӏарулазул хъизамалъе хасиятаб тарбия щвеялъ. Гьев вукӏана гӏакъилав рагъулав тактик ва стратег, гьунар тӏокӏав политик ва букӏинеселъул пикру гьабизе бажари бугев дипломат гуревги, дунялалда жеги букӏинчӏеб тайпаялъул пачалихъ гӏуцӏарав кӏудияв реформаторги».\nГьалбал гӏемер щвана гимназиялде – хасаб альбомалда щивас тана музеялъги гимназиялъул бетӏергьабазги жидее гьабураб асар рагьараб хъвай-хъвагӏайги. Гьел цӏалидал бихьула, улкаялъул гӏемерал регионаздаса – гӏадатиял гӏадамаздаса байбихьун федералияб даражаялъул хӏакимзабазде гӏунтӏун – гьалбал гьенире щун ругеблъи.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "16735-tso-k-oyalda-zhanib-14-million-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16735-tso-k-oyalda-zhanib-14-million-g-urushch", "title": "Цо къоялда жаниб — 14 миллион гъурущ", "date": "2022-03-31 09:04:25", "categories": ["kkara-tar"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталда чанго нухалда хъванги букӏана Чӏикӏасан Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде щвезегӏан бахъулеб Бузнаса нухалъул хӏакъалъулъ. Гьал къоязда кьурабиги кьвагьун, гӏанлъун, рорлъун гьеб магӏаруллъиялъего кӏвар цӏикӏкӏараб нух бахъиялъул хӏалтӏухъ бакӏалде щун балагьизе рес щвана магӏарулазе. Цӏорораб къо букӏаниги, щунусгоялдасаги цӏикӏкӏун чи вачӏана Чӏикӏаб росдада гӏагарлъухъ бугеб майданалде. Данделъаразул цо-цояз абулеб букӏана жидеда бакӏалде щун кинабго бихьизегӏан туннелалдасан нухги букӏаго, Бузнасан нух бахъизе кинаб хӏажалъи ккарабали бичӏчӏулеб букӏинчӏилан. Амма гьениб гьабураб хӏалтӏиги, цӏанбитӏараб нухги, сверухъ бугеб берцинлъиги бихьидал, унго-унголъунги гьеб магӏаруллъиялъе къваригӏараб букӏиналъе жал мукӏурлъанин абулеб букӏана гьез. Туннелалдасан унаго, нилъеда ратула гӏемерал эхедераял, свералаби. Хасго хасало, цӏорораб заманалда цӏерчӏвала гьениб. Гьелъул гӏаксалда, Бузнасан рукӏине гьечӏо киналгӏаги эхедераял ва свералаби. Ралъдал гьумералдасаги гьеб гӏицӏго 350 метралъ гурого борхатаб гьечӏин бицана гьениб. Туннелалдасан риччаларо чӏахӏиял юк баччулел машинаби. Бузнасан хьвадизе гьезие квалквал букӏине гьечӏо. Гьелде тӏадеги, туннелалдасан нух бокьараб заманалда къазе бегьула, тӏабигӏиял лъугьа-бахъинал сабаблъун. Гьединлъидал кӏиабилеб, ай цоги нух хӏисабалда букӏанигицин гьечӏищ гьелдаса пайда.\nГьарулел хӏалтӏабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб тӏобитӏараб тадбиралда Мухӏамадкамил Дибировас бицана Бузнаса нухалъул халалъи 30 километр бугин ва жакъаялде гьабураб нухлул манзилги бащалъулин 26 километралда.\n— 2014 соналдаса нахъе гьаниб, Аллагьасул кумекалдалъун, цо къоялъ хӏалтӏи гьоркьоб къотӏичӏо. Магӏарул халкъалъ гьалда сверухъ бихьизабуна кутакаб жигарчилъи. 26 километралъул манзилал- да нух гьабун буго, хутӏун буго ункъо километр. Амма гьеб бутӏа буго бищун захӏматаб. Гьенир гӏемер руго жанир цӏезаризе кколел кӏкӏалалгун хъитӏалги, кьвагьизе хӏисабалде росарал кьураби- ги.\nБузнаса нух гьабун рагӏалде бахъинабизе кӏвани Гъизилюрт, Хасавюрт мухъаздаса магӏарухъе рачӏунезе нух къокълъизе буго 24-25 километралъ, Гӏахъуша, Лаваша, Лак районазде Гъизляралдасан рачӏунезе — 106-110 километралъ, Махӏачхъалаялдасан рачӏунезе — лъабго километралъ. Чӏикӏаб гӏадаб кӏудияб росдаца пайда босулеб буго ГЭСалъул хӏорихъа мотораз кьабгӏун бачӏунеб лъедаса. Бузнасан нух бахъун хадуб, чӏикӏасезе рес ккезе буго, нухлул хьибилалдасан рогӏралги лъун, ахакьезул, ишкартисезул, хъерендерил ракьалдасан бачӏунеб мугӏрул лъарал лъим росулъе бачине. Мехелалда жаниб, гьоркьохъеб хӏисабалда, туннелалдасан унеб буго щуазарго машина, гӏидалъул къоялъ — 150 азарго. Бузнасан нух рагьун хадуб, гьелъ тӏаса босила туннелалдасан хьвадулеб букӏараб автотранспорталъул хӏалкъай. Рехсезе ккола транспорталъул харжалги, нухлулазул нухда унеб заман дагьлъиги, хӏинкъи гьечӏеб нух букӏинги.\nГьеб кинабгоги хӏисабалде босун, нилъеца цолъун хӏаракат бахъизе ккола гьаб нух бахъун лъугӏизабизе. Ресалда ругел чагӏи дагьал гьечӏо нилъеда гьоркьор. Амма хӏажат буго Бузнаса нухалъул кӏваралъул гьезда бицине, нухлуе гьабулеб садакъа кутакалда кири цӏикӏкӏараб иш букӏин бичӏчӏизабизе. Пачалихъалъул рахъалдасанги гьанжелъизегӏан кинабгӏаги кумек нижее щвечӏо. Амма ракӏалде ккола гьабсагӏаталда бугеб республикаялъул нухмалъиялъ гьеб суалалде кӏвар буссинабилин, проекталъулгун сметаялъул документал хӏадур гьаризегӏаги тӏаде босилин. Гьелъул хӏакъалъулъ Дагъистаналъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасда биценги гьабуна, — ян абуна Мухӏамадкамил Дибировас.\nДанделъиялда гӏахьаллъана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, цо-цо росабазул бегавулзаби, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, хъвадарухъабигун шагӏирзаби, гӏалимзаби, магӏаруллъиги бокьулел, миллатги хириял гӏемерал гӏадамал. Гьезул цо-цоязе тадбир нухда бачунев вукӏарав Махӏмуд Мухӏамадовас рагӏиги кьуна. Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша\nГӏумахановасул кумекчи Шамхалдибир Гӏисаевасги бицана Бузнаса нухалъул кӏваралъул ва гьелда сверухъ магӏарулал цолъизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьес Мухӏамадкамил Дибировасухъе, депутатасул рахъалдасан, миллион гъурущги кьун гьадин абуна:\n— Гьаб ккола магӏаруллъи цӏуни мурадгун гьабулеб хӏалтӏи. Гӏемер гӏакъуба-захӏматги бихьун умумуз бахъун букӏараб нух цӏи гьабулел Мухӏамадкамилиегун Набиюлае буго кӏудияб баркала. Ахӏи-хӏурги бахъинабичӏого бажарараб къагӏидаялда гьаниб хӏалтӏи цебетӏезабулеб буго гьез. Гӏемералха ратизе ругел нухлуе кумек гьабизе рес бугел, амма гьеб бахъулеб букӏин лъаларел чагӏи. Дагьаб цебе вертолеталда гьаб бакӏалда тӏасан роржунаго Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровасда бихьизабуна нижеца нух. Гьесда лъалеб ва рагӏун букӏун гьечӏо Бузнасан нух бахъулеб букӏин. Гьесги, Сулейман Керимовасги ва цогидал ватӏанги кириги бокьулел чагӏазги гьаб нухлуе кумек гьабиялда щаклъи гьечӏо, — ян.\nХалкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасги баркала загьир гьабуна Мухӏамадкамилиегун Набиюла Мухӏамадовасе. Мухӏамадкамилил каранда гьес бана фондалъул бищунго тӏадегӏанаб шапакъатлъун кколеб имам Шамилил орден.\nМагӏарул росабазул бегавулзабазгун дибирзабаз гьенибе бачӏана жидецаго нухмалъи гьабулел бакӏазул жамагӏатаз бакӏарараб гӏарац. Сайгидпаша Гӏумахановас кьурабги рикӏкӏун гьеб къоялъ бакӏарараб гӏарцул къадар бахана 14 миллион гъурщиде.\nМухӏамадкамил Дибировасул рагӏабазда рекъон, нух тӏубанго лъугӏизе ккани, жеги хӏажалъула гӏага-шагарго 500 миллион гъурущ. Бузнаса нух бахъун лъугӏизе ккола 2024 соналда.\nТемирхан Хӏасанов"}
{"slug": "16736-gavurab-k-ogun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16736-gavurab-k-ogun", "title": "Гьавураб къогун", "date": "2022-03-31 09:09:12", "categories": ["barkiyal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председатель, Казбек районалъул Гертма росулъа Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасда баркула гьавураб къо.\nРигь цӏикӏкӏараб гьечӏониги, нахъа тараб лъалкӏалъул, гьарурал ишазул, тӏурарал масъалабазул хӏисаб гьабуни, гьел соназулъ буго гӏумруялъулгун хӏалтӏул бечедаб тарих.\nКинаб ишалда вугониги, гьес бихьизабуна жив хӏалтӏи лъалев, кигӏан захӏматалги суалал тӏураялъе хӏадурав, ккаралъуб хӏеренлъиги хӏажатаблъун кьвариги бугев, кьураб рагӏи кколев нухмалъулев вукӏин.\nХъулухъазул болъабаздасан кигӏан тӏаде ваханиги, бажариялъулгун жавабчилъиялъул, гӏаданлъи-гӏадатлъиялъул рахъалъ лъикӏаб тарбия щварав гьесда киданиги кӏоченчӏо гӏураб ракьги гӏадатияв чиги.\nКинабгӏаги щаклъи гьечӏо, Гӏабдулмуслим Мухӏидиновичас жиндаго тӏадкъараб хӏалтӏи тӏадегӏанаб къадру-ассалда, халкъалъул тӏалабал ричӏчӏун, гьесие хасиятаблъун бугеб бажари-жигарчилъиялда тӏубаялда.\nРакӏ гӏатӏидав, калам магӏнаяв, къварилъи ккаразда квер чӏвазе хӏадурав, Дагъистан цебетӏеялъе рухӏги хӏалги кьун хӏалтӏи гьабулев чи Гӏ. Гӏабдулмуслимов вукӏин нилъеда бихьула хӏукуматалъул нухмалъулев хӏисабалда гьес лъолел ругел галабаздалъунги.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовасда «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏракӏалъ баркула гьавураб къо."}
{"slug": "16737-yubilejgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16737-yubilejgun", "title": "Юбилейгун", "date": "2022-03-31 09:10:34", "categories": ["barkiyal"], "text": "РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Казбек районалъул Буртунай росулъа Сайгидпаша Гӏумахановас гьал къоязда тӏубала 60 сон. Батӏибатӏиял хъулухъазда хӏалтӏулелъул, Сайгидпаша дагъистаниязда лъана тӏаде босараб иш ракӏбацӏцӏадго гьабулев, рагӏи билълъарав нухмалъулев ва кӏвахӏ лъаларев жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда. Хасго гьесул гьеб хасият загьирлъана Хасавюрт шагьаралъул бетӏерлъун вугеб мехалда. Доб хӏалуцараб заманалда гьев гурев цоги бокьарав чиясда тӏадеккун букӏарабани шагьаралъул ва хасго гьелда сверухъ лъугьараб гӏорхъолъа борчӏизе хӏадурараб ахӏвалхӏалалъул жавабчилъи, щакаб жо буго иш нухда бачун бажаризе букӏин. Гьесда кӏвана цӏакъго кӏвар бугеблъун лъугьун букӏараб республикаялъул северияб зона парахалъиялда чӏезабизе ва гьелъул хӏасилалда тӏолабго Дагъистаналъул цолъи цӏунизе.\nМиллаталъул цевехъан хӏисабалда магӏарулазул цолъи ва гъунки щула гьабиялъеги Сайгидпашал гӏуна гьунаргун махщел. ДРялъул хӏукуматалда ва парламенталда хӏалтӏулеб заманалдаги гьев тӏалъиялъул «рагӏдукь» чӏечӏо. Ракӏчӏараб буго Пачалихъияб Думаялъул депутатасул хъулухъги гьес Дагъистаналъул ва дагъистаниязул мурадал тӏураялъе хӏалтӏизабизе букӏиналда.\nГьавураб къоги баркулаго, «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ гьарула гьесие щулияб сахлъи ва хӏалтӏулъ икъбал."}
{"slug": "16738-turistaze-kinabgo-bugo-magiarukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16738-turistaze-kinabgo-bugo-magiarukh", "title": "Туристазе кинабго буго магӏарухъ", "date": "2022-03-31 09:11:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "25 марталда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчӏвазе вачӏун вукӏана ДРялъул туризмалъул ишазул министр Эмин Мерданов. Гъоркьиса букӏаралдаса гӏемерго цӏикӏкӏине рес бугин исана республикаялде рачӏунел туристазул къадарин бицана министрас.\nГьеб бичӏчӏизе захӏматаб жоги гуро. Ралъадги гьаниб, гӏоралги гьанир, лъаралги гьанир, цӏорорал иццалги, тӏагӏамабщинаб пихъги, бацӏцӏадаб гьаваги, корониб бежараб чедги, гӏурдада бакараб цӏадуда кьагӏрил гьанал гьабураб нахуд рецӏцӏулел шашликӏалги – кинабго буго гьаниб!\nКъокъаб хӏасил, гъоркьиса бихьаралъ пана гьарурал туристал исанаги рачӏине руго нилъехъе.\nЖурналистаз министрасда гьикъана кигӏанасеб къадаралъин нилъер республика гьел къабул гьаризе хӏадур ругелин абун. Щайгурелъул, соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб бугелъул гьезул къадар.\n— Битӏараб буго, гъоркьисаги цӏакъ гӏемерав турист вачӏана, амма ругел тӏабигӏиял санагӏалъабазухъги, гьалбал хириял нилъер гӏадамазулги хӏисаб гьабидал, щибго щаклъи гьечӏо, гьел кӏигогӏан цӏикӏкӏун жеги рачӏаниги къабул гьаризе кӏолеблъиялда хӏинкъизе ккараб хӏал нилъер гьечӏеблъи.\nКинабго буго нилъер республикаялда туристазе. Гьабсагӏаталда гьезул гъираги буго Дагъистаналде рачӏине. Тӏоцере рачӏаразе кӏиабизеги бокьулеб буго рачӏине, цогидаздаги бицунеб буго. Нилъерги киналго ресал руго гӏолелги гӏоларелги рахъал церетӏезаризе. Лъикӏаб букӏинаан инвесторазги гьелъул пикру гьабуни. Туризм цебетӏезабиялде гӏарац биччазе бокьарал чагӏи къезе гьечӏо. Тира-сверизе вахъунев чиясухъ гӏарац букӏуна. Чвантинир лъикӏаланго гъурщалги гьечӏого гьев хӏухьбахъизе унаро, — ян абуна Эмин Мердановас.\nУзухъда, унаро. Туризмалда хурхун хъвараб цо цӏакъ кепаб макъала букӏана мунагьал чураяв Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасул. «Хӏатталдаса ун гӏемераб гӏарацги бугони, гьабизеги жоги гьечӏони, цо бакӏги букарулеб бугони, чияс щиб гьабулеб? Гьес гьеб хъасулин нужеца гьикъани, нуж мекъи руго. Цо бакӏ букарарав чи вахъун тира-сверизе уна турист вугин живиланги абун».\n«Дагъистан» РГВКялъул хӏалтӏухъаналъ Эмин Мердановасда гьикъана нилъехъе рачӏунел туристазе хӏинкъи гьечӏолъиялъе шартӏал гӏуцӏиялъул иш кин бугебилан. Гьес ракӏалде щвезабуна гъоркьиса Къородисезул бецӏкъварилъухъ ккараб пашманаб лъугьа-бахъинги. Гьалагаб чвахунцӏад бан хадуб бачӏараб иххалъ восунги ун, кӏиго турист хвана гьенив август моцӏалда. Цояв Москваялдаса ва цогидав Санкт-Петербургалдаса рукӏана. Гьединго Салтӏа росдада аскӏоб, УАЗ автомобильги бегун, гьелда жаний йикӏарай Россиялъул цо регионалдаса ячӏарай цо гӏолохъанчӏужуги хвана.\nГьеб рахъалде кӏвар кьезе бугин жидеца исанаян абуна министрас. Мисалалъе, ракӏалда гьечӏел тӏабигӏиял балагьал кколел гӏадинал бакӏазда гӏагарлъухъ туристазе «хехаб кумек» гьабизе къваригӏани ялъуни цогидабги жоялъе санагӏалъиялъе рукӏине рукъзал разе ракӏалда бугин бицана Э. Мердановас."}
{"slug": "16739-inflyatsiyagi-bazargi-kh-apustianal-ul-kilogi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16739-inflyatsiyagi-bazargi-kh-apustianal-ul-kilogi", "title": "Инфляцияги, базарги, хъапустӏаналъул килоги", "date": "2022-03-31 09:16:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Газеталъул щибаб номералда гӏадин нижеца бицунеб буго республикаялда кванил нигӏматазул багьаби хӏатталдаса ун хиралъулел рукӏиналъул хӏакъалъулъ. Бицинчӏого тӏубалеб хӏал гьечӏелъулха. Чакар-конфет, нису-нах, хъапустӏан ламадур, хӏатта чедгицин — кинабго жо буго хиралъун. Раччлитӏа буцараб чадил багьа жакъа буго 80 гъурущ. Рахьдал цо литрадул багьа нусго гъурщидаса тӏаде ана. Чакарги хиралъун буго. Семечкадул нахул цо шишаялъул оптовияб багьа буго базаралда — 180-200 гъурущ.\nГьайгьай, гӏадамазул рахӏатги хвезабун буго гьеб киналъго. Мукъсанаб гурони харжги щолареб, щибаб къоялъ гӏадин росизе кколел кванил нигӏматалги ругони, гӏадатияб халкъалъги щибха гьабилеб.\nМонополиялда данде чӏараб хъулухъалъул (УФАС) нилъер республикаялда бугеб идараялъул нухмалъулев Каир Бабаевасул рагӏабазда рекъон, багьаби рахиналъул гӏайиб я росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезарулел чагӏазда ялъуни ричарухъабазда гуро бугеб. Бищунго кӏудияб гӏайиб буго дармида жаниб гьоркьохъанлъи гьабулезда ва учузго босун къайи хираго бичулел спекулянтазда\n— Гречка ва цогидабги крупа буго 49 проценталъ хиралъун. Чакаралъул кило хиралъана 42 проценталъ. 50 гъурщиде букӏараб гьеб гьанже буго 84 гъурщиде. Бугеб ахӏвалхӏалалда рекъон, нилъее тӏокӏаб рес гьечӏо кванил нигӏматазул багьа цо бакӏалда чӏезабичӏого. Гьедин бихьизабун буго законалдаги. 10 проценталдаса цӏикӏкӏун багьаби хиралъулел ругони, багьаби чӏезаризе ккола, — ян бицана К. Бабаевас.\nРеспубликаялъул росдал магӏишаталъул министр Батал Баталовасдаги бичӏчӏулеб гьечӏо нилъерго гьанир гӏезарулел пастӏадул нигӏматал щай хиралъулел ругелали.\n— Гьал къоязда гьеб суалалда тӏасан нижер хабар ккана районазул нухмалъулезулгун. Къотӏи ккана 50-60 гъурщидаса хираго хъапустӏаналъул кило бичизе биччангутӏизе. Ламадур, къватӏиса бачӏуна, хъапустӏан бугоха нилъерго гьаниб гӏезабулеб нигӏмат. Щай гьеб гьедигӏан цӏакъ хираго бичизе кколеб? Гьеб битӏун гьечӏо, — ян абуна Б. Баталовас.\nЛъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна экономист Халил Халиловас:\n— Лъагӏалил инфляция 25 проценталде бахине буго исана. Гьелдаго цадахъ кинабго жоги хиралъулеб буго. Гьеб буго тӏоцебесеб гӏилла.\nКӏиабилеб гӏилла ккола нилъги тӏолгороссиялъул базаралда гъорлъ рукӏин. Дагъистаналъул базар жибго жиндаго чӏараб, я жанибе, я къватӏибе нух гьечӏеб бакӏ гурелъул. Цоцада рухьарал чагӏи ккола нилъ.\nГьединлъидал хъапустӏанги кигӏан нилъер гьаниб гӏезабулеб нигӏмат букӏаниги, Россиялъул базаразда бугелда рекъон чӏезабула гьелъул багьаги.\nНилъер гьанибе къватӏисан бачӏунеб къайи-цӏаги кванил нигӏматалги къотӏизаруна, логистикаялда жанирги гӏунгутӏаби руго, гьелда рекъон хиралъичӏого букӏинищ хъапустӏанги цогидаб нигӏматги?\nГьениб щибниги тӏокӏ борчӏараб, гӏажаиблъи гьабизе жо бихьулеб гьечӏо дида. Гьеб буго гӏадатияб экономика. Гӏадамазул хӏажалъи цӏикӏкӏун буго бичулеб жоялдехун.\nХӏасил, инфляцияги жанисеб базаралда бугеб ахӏвал-хӏалги гьеб кӏиябго ккола жакъа багьаби рахиналъе гӏилла. Инфляцияги чӏезабизе кӏвезе гьечӏо. Хӏукуматалъ рагьун абуна жидеда гьеб микьго проценталда чӏезабизе кӏвечӏилан. Лъагӏалил ахиралде инфляция 25 проценталде щвезегӏан цӏикӏкӏине букӏин хӏакъаб жо буго, — ян рикӏкӏунеб буго Халил Халиловас.\nРамазан моцӏги щолеб буго тӏаде. Къирун-къарун кӏалккун моцӏги уна, кӏалбиччанкъоялдехун жеги багьабиги хира гьаризе руго. Гьебги гӏадатлъун лъугьараб жо гьечӏищха.\n«Щибаб жо гӏемерлъанагӏан гӏадат буго учузлъулеб», — ин хъван букӏана Цӏадаса Хӏамзатица. «Щибаб жо хирлъарабгӏан гӏадат гьечӏо учузлъулеб», — илан абизе кколеб хӏал лъугьун буго жакъа нилъеда сверухъ.\nА. Юсупов"}
{"slug": "16740-rachelgi-k-ala-k-ogi-khiekhela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16740-rachelgi-k-ala-k-ogi-khiekhela", "title": "Рачелги къала, къоги хӏехьела", "date": "2022-03-31 09:18:38", "categories": ["obshestvo"], "text": "Къокъабго заманалда жаниб улкаялда ккарал чӏахӏиял хиса-басияз асар гьабичӏев чи хутӏунго ватиларо. Макьил хӏалхьи, кванил тӏагӏам билараб заман буго гьаб дагъистаниязеги. Киналго пикрабалъ пирилъун багъулеб буго Донбассалъул ракьалда тӏибитӏараб кьалул гъугъай. Украинаялда миллатчилъиялъ тӏалъи босараб микьабго соналъ, Луган- скиялъулгун Донецкалъул республикабазда лъугьа-бахъунелъул нилъер гӏемерисез пикруго гьабулароан.\nРоссиялъул аскариязда гьоркьор Кавказалъул республикабаздасаги аза-азар гӏолохъаби руго миллатчагӏаздаса Украинаялъул ракь бацӏцӏад гьабулел. Гьел рагъулал лъугьа-бахъиназда цӏарги буго — Ватӏаналъул хӏинкъи гьечӏолъи цӏуни!\nМагӏуялъ лъалъараб их щвана нилъей\n«Лъие къваригӏараб рагъ гьаб», — илан ургъичӏого калам гьабулелги камуларо. Кинаб бугониги рагъ лъиего хӏажат букӏинаро, амма инсаният бижаралдаса нахъе дунялалда рагъалги рукӏана, камиялги ккана. Лъимерлъудаса нахъего васал бахӏарчилъиялъе куцалеб гӏадатги гӏададаго бижараб букӏинищха. «Дица вас рагъуй гуро гьавурав», ин щияй эбелалъ абиялдаги гӏайиб чӏвазе лъидаха кӏвелеб.\nЩолел руго тӏаде, бахӏарчиго рагъулаго, васал камиялъул чӏегӏербарал харбалги. Нилъер кинабго дугӏаги гьариги бахӏарчиго рагъулел васазе буго жакъа. Магӏихъабиги гӏедегӏуларелани хӏукуматалъул политика, тӏадчагӏи какун кочӏол куплетал хъвазе.\nЖеги захӏматаб, миллионал рагъда гъурулеб заманалда хӏикматаб бахӏарчилъи ва къохӏехьей бихьизабуна нилъер руччабаз.\n«Такъия къотӏулеб къвакӏчармил хвалчен\nКъотӏарабищ бетӏер гирманиясул?\nКьалул майданалда дуде хӏал ккани,\nХӏалае ячӏине дун хӏадур йиго» — Кӏудияб Ватӏанияб рагъул сонал, гьалараб лъеде хъат ханждалги бан рухӏ хвасар гьабурал умумул рукӏана нилъер. Дол, къотӏичӏого хутӏарал фашистазул бутӏруздаса лъугьарал наслабазул баракат гьечӏолъи тӏолабго дунялалъе щвана гьанже.\nНилъер-чияралъул гӏорхъаби рилун\nРоссия чӏунтизабизе Евросоюзги Америкаги лъугьараб гьаб заманалда мехталидаса ригьарал гӏадин лъугьана гӏемерав чи. Нилъер-чияралъул гӏорхъаби рилун, аслияб бихьичӏого, кьучӏ цӏехечӏого тӏадагьлъиялда рукӏана нилъ. Ватӏан бокьи, гьеб цебетӏезаби гӏадаб, тӏолазего гӏаммаб пикруялдаса рикӏкӏад гьаруна хъантӏиялъ, гӏей гьечӏолъиялъ. Ватӏаналда бикъараб ва чияр улкабазул банказда цӏунараб бечелъи цӏар-реццлъун лъугьун букӏана. Нилъер ватӏан — чохьол эбел, чияр улка — бесдал эбелин гӏадада абулареблъиялде ургъулел ратилароха, гъансал гӏарцуца цӏедал. Жидерго рукъалъул гурони, Донбассалъул халкъалъул, гьел хвасар гьаризе арал нилъер гӏолохъабазул рухӏелги гьезий букӏинищха.\nДемократия, рагӏуе ва гӏамалалъе эркенлъи — гӏумруялъул кьочӏокье гьеб биччаялъ ругьунлъана нилъ бигьалъабазде, кӏвар гьечӏолъиялде. Аскӏобго бугеб, тӏад хӏур бетизе тараб, меседил къимат гьабизе лъачӏого, цӏвакизабураб чияр пахь берцин бихьиялде куцана нилъ дагь-дагьккун бакътӏерхьул улкабаз. Нилъерго ракьалъ кьолеб баракат лъалареб, чияр тӏабигӏат-гӏамал къабулал наслабиги гӏуна.\nИнстаграм гьукъанин къварилъиларо\nБащдаб дунял цолъун цохӏо нилъер улкаялъе къойил гьарулел цӏи-цӏиял гӏорхъичӏваял — гьадинаб ахӏвал-хӏалалде цониги улка ккечӏо киданиги.\nБищунго гӏажаиблъана гьал кьварарал санкциязул заманалда Инстаграм къан бугин зигардулезда. Гьеб кӏочараб бихьугегиян хъачӏго абунги борчӏана. Инстаграм баккарабго халкъалда, хӏатта хӏукуматалъул хӏакимзабаздагицин кӏочана жидер рахьдал мацӏазда щибаб анкьие риччалел казияталгун журналал ругеблъи, телевидениялъгун радиоялъ миллиял мацӏазда кьолел цӏиял харбал рукӏунеблъи. Кӏиго предложениеги хъван лъабго сурат Инстаграмалда лъей — гьеб букӏана чара гьечӏеблъун газеталъе подписка гьабиялдаса. Рухӏияб тӏалабин абураб жого лъугӏулеб бугин кколаан телефоналъе магьари лъураб халкъ бихьидал.\nАмерикаялъухъ кодоб кӏул бугел жамгӏиял гьиназда божун рукӏунгеян гӏемер рекӏеда ратизеги гьарулаан дирго сверухълъиялда ругел гӏадамал. Гьа, кибеха араб гъол жагъалал «гъансазда» жаниб лъурабщинаб информация?! Казияталда лъураб квер гӏунтӏулелъуб буго, бокьани къойил тӏад руссун цӏализе, наслабазе цӏунизе. Фейсбукалъул къокъабазда, Инстаграмалда бахӏсазда рукӏарал гьанже данделъулел руго магӏарул театралда. Пикру гьабуни, цо-цо квешлъиялъулъ лъикӏлъиги камуларо.\nГуре гъеж, буце гӏатӏ\nКигӏанго согӏал гӏорхъичӏваял ругониги, дунялалда бищунго кӏудияб нилъер улкаялъул ресал- ги нахърателги дагьаб гьечӏо. Бе- челъи — нилъер халкъ, гьарзалъи — нилъер ракь. Чӏахӏиял ишазул, завод-фабриказул, авлахъал рекьи- ялъул бицинаро, мисалалъе бачи- на магӏарухълъи. Хал гьабе, щибаб росдада сверухъ ругелщинал рекьичӏел хурзазул, къачӏачӏел ахазул, чӏунтарал кулабазул, гӏи-боцӏи гьечӏого чӏороголъарал риидалил мучӏдузул! Цо натӏ ракьул сабаблъун кьал ахӏизе рахъуна мадугьалзаби, мегъазул гӏорхъи чӏезабулаго росаби цоцалъ дагӏбадула. Гӏажаиблъи, цӏакъ нагагьав чи лъугьуна гьеб ракь пайда кьолеблъун гьабизе. Нилъецаго бекьичӏеб киса бакӏарилеб, рокъоб хьихьун гӏезабичӏелъ хайир кин кьелеб? Иман тун зодоре ра- хинарун руго дармихъабаз кванил нигӏматазул багьаби. Гӏицӏго жи- дее щолеб хайиралде ургъун гуро- ни, дунялалда лъугьа-бахъунелъул, балагь-захӏматалда ругезул пикру гьез гьабуларо.\nЩивав чияс жиндирго гьитӏинабгӏаги магӏишат гӏуцӏи — гьеб гурищ захӏматаб заманалдаса рорчӏизе сабабги, хасалие нахърателги, гьобол-гьудуласе гӏаданлъи гьабизе ресги.\nРакъи бихьиладаян зигардула, анкьий гӏурабги нахърател гьечӏеб, шагьаралъул халкъ. Богорукъ рихарал улбуз KFC-гун Макдональдсалде ругьун гьарурал лъималазда лъаларо багӏаркьер рехуледахъ картошка рокъобго бежизе бегьулеблъи. Кока-Колаялдаса тӏагӏамалъ къурал рукӏунаро нилъерго пихъил компотал.\nЗодобе бахун бугила выпечкаялъул багьаян гӏарзахъдулей йиго, ясалъул гьаюраб къо кӏодо гьабулей цо гӏолохъанчӏужу. «Я, дир дарман, гуре гъеж, буце гӏатӏ, ясалдаги малъун дуцаго тортги гьабе. Рокъоса гьуинал махӏалги рахъина, лъималазеги мисал букӏина». Кӏвахӏаллъун йигила жий. Хӏалихьалъун руго нилъ, руччаби, захӏмат цӏалареллъун лъугьун руго бихьиналги. Щиб къо баччулел лъималха гьез гӏезарилел?\n«Гьадин чӏун тӏураларо, тӏохда чӏун бечелъиларо», — ян абун буго умумуз. Рачел къазе, къуват данде бакӏаризе ккараб заман щун буго.\nПатӏимат Гьитӏинова"}
{"slug": "16741-koronavirus-nakh-e-k-aleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16741-koronavirus-nakh-e-k-aleb-bugo", "title": "Коронавирус нахъе къалеб буго", "date": "2022-03-31 09:36:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялда коронавирус тӏибитӏизе биччангутӏиялъул оперативияб штабалъул баяназда рекъон, 29 марталда коронавирусалъ унтана 55 чи. Гьезда гьоркьоса 19 чи больницаялда вегизавуна. 29 марталда сахлъана 202 чи. Талихӏалъ, ахирисел къоязда коронавирусалдалъун щивго хвечӏо. Дагъистаналда вакцина гьабун буго 1 260 659 чияс.\nРеспубликаялда COVID-19 тӏибитӏиялда бан лъазарун рукӏарал цо-цо гӏурхъичӏваялъул тадбираз- даса дагь-дагьккун инкар гьабулеб буго. Гьелъие гӏиллаги ккола респу- бликаялда коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъулеб букӏин.\nГьелда рекъон, банкетазул залазе, лъималазул клубазе, кафеязе, рестораназе рес щвана гӏадатияб къагӏидаялда хӏалтӏизе. Театразде, кинотеатразде, тукабазде ва халкъалъе батӏи-батӏиял хъулухъал гьарулел цогидалги жамгӏиял бакӏазде унелъул QR-код тӏалаб гьабуларо гьанже.\nCOVID-19 тӏибитӏиларедухъ жамгӏиял бакӏазда гӏемер гӏадамал ракӏаризе гьукъиялъги, маскаби ретӏиялъул низам цӏуниялъги ва коронавирусалде данде вакцина гьабиялъги нахъе къазабунин коро- навирус унтиян абулеб буго сахлъи цӏуниялъул идарабазул вакилзабаз. Гьанжеги, цо-цо низамаздаса инкар гьабунин абун, коронавирус тӏубанго нилъер гӏумруялъулъа нахъе ун гьечӏо, гьединлъидал гьоркьоб къотӏизе толеб гьечӏо халкъалъе вакцина гьабиялъул иш. Жамгӏиял бакӏазда дезинфекция гьабиялъул ва маскаби раялъул низамги цӏунизе кколин лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъги.\nКоронавирус тӏибитӏиялъул рахъалъ республикаялда бугеб эпидемиологияб ахӏвал-хӏалалъул хӏисабги гьабун, Роспотребнадзоралъ хиса-басиял гьаруна лъай кьеялъул идарабазда коронавирусалдаса цӏуниялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏулъ.\nЩибаб класс цого кабинеталда цӏалиялъул низам хисана.\n— Цӏалдохъабазда гьоркьоб аттестация тӏобитӏулелъул, гьоркьоб 1,5 метралдаса дагь бакӏ тунгутӏиги, цо партаялда нахъа цо лъимер гӏодов чӏезавиялъул къагӏидаги хисана.\n— COVID-19 унтарасда аскӏов вукӏарав цӏалдохъан школалде къабул гьавулелъул гьанже меди- цинаялъулаб гӏуцӏиялдаса справка тӏалаб гьабулеб гьечӏо. Живго цӏалдохъан унтун хадуса, гьелъул хӏакъалъулъ справка тӏалаб гьабулебги буго, цебего гӏадин.\n— Гьединго хисана цо школалда гӏемерал лъимал дандчӏваларедухъ, батӏи-батӏияб заманаялъ дарсал байбихьулеб ва лъугӏизарулеб къагӏидаги.\n— Рагьарал бакӏазда цӏалдохъабазе ва гӏолилазе тадбирал тӏоритӏизеги ихтияр буго гьанже.\n— Риидал сахлъи щула гьабиялъул идарабазде рес бугебгӏан къадарал- да лъимал къабул гьаризе бегьула.\n— Лъималазул сахлъи щула гьабиялъул риидал хӏалтӏулел идарабазул хӏалтӏухъабаз щибаб анкьида жаниб коронавирус унти бугищали тестирование гьабизе кколаро. Гьебго заманалда, щибаб смена къабул гьабулелъул, COVID-19 вирус бугищали хал гьабула хӏалтӏухъабазул.\nЦо-цо низамал хисаниги, чара гьечӏого эпидемиялде данде тадбиралги тӏоритӏизе кколел руго. Лъимал цӏалулеб яги хӏухьбахъулеб идара рагьилалде цебе рагӏа-ракьанде щун, дезинфекциялъул алатал хӏалтӏизарун бацӏцӏад гьабула, гордал ва нуцӏби рагьун бацӏцӏадаб гьава жанибе биччала, квен гьабулел ва цогидал хӏалтӏухъабаз маскаби ххезе тӏадаб буго."}
{"slug": "16742-gurkhiel-rakhimuyal-ul-fond", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16742-gurkhiel-rakhimuyal-ul-fond", "title": "Гурхӏел-рахӏмуялъул фонд", "date": "2022-03-31 09:41:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Украинаялда унеб хасаб операциялда къадаралде щварал рагъулал хъулухъчагӏазул хъизамазе кумек гьабизе фонд гӏуцӏулеб буго республикаялда.\nГьедин бицана Сергей Меликовас гьал къоязда чӏваразул гӏагарлъиялъул чагӏигун букӏараб дандчӏваялда.\nРеспубликаялъул бюджеталдаса гьеб фондалъе биччазе буго 50 миллион гъурущ. Гьединго ДРялъул Захӏматалъул министерствоялъул фондалдасаги кьезе буго гьенибе рецӏалил гӏарац."}
{"slug": "16744-kial-kkoleb-motsial-ul-tiotsebeseb-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16744-kial-kkoleb-motsial-ul-tiotsebeseb-k-o", "title": "Кӏал кколеб моцӏалъул тӏоцебесеб къо", "date": "2022-03-31 09:44:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул муфтияталъул нухмалъулев Мухӏамад Майрановас бицана, цереккунисел баяназда рекъон, исана Рамазан моцӏалъул тӏоцебесеб къо букӏине рес бугин 3 апрель. Календаралъухъ балагьун, гьеб букӏине кколаан апрелалъул кӏиабилеб къо.\n— Гьеб жеги мухӏканаб баян гуро. Гӏагарал къоязда гьеб суал дандбазе нижеца ахӏизе буго республикаялъул гӏалимзабазул данделъи. Апрелалъул тӏоцебесеб къоялъ бакъ тӏерхьун хадуса цӏияб моцӏ бихьани, кӏалкквезе буго 2 апрелалда. Апрелалъул кӏиабилеб къоялъул маркӏачӏуда моцӏ бихьани, Рамазан моцӏалъул тӏоцебесеб къо букӏине буго гьатӏан къо — 3 апрель, — ин бицана М. Майрановас.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ бусурбабазда ракӏракӏалъ баркула тӏаде щолеб баркат гӏемераб, лъикӏлъаби гьарзаяб Рамазан моцӏ. Аллагьас нилъее киназего радакь рахъинеги, кӏал кквезеги, лъикӏал, кири кӏудиял ишал гьаризеги гьеб моцӏалъ тавпикъги кӏудияб къуватги кьеги. Амин."}
{"slug": "16747-tsevekh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16747-tsevekh-an", "title": "Цевехъан", "date": "2022-03-31 09:59:55", "categories": ["insan"], "text": "БАЯН:\n2 апрелалда 140 сон тӏубала Махӏач Дахӏадаев гьавуралдаса.\nГьес дунялалда бана 36 сон. Вукъун вуго Буйнакскиялда. Махӏачил вукӏана цохӏо вас, Гӏадилгерей абун.\nМахӏач Дахӏадаев кколаан имам Шамилил вас Мухӏамадшапигӏил дурц.\nМахӏачил хӏакъалъулъ Гӏабдулатӏип Хӏажиевас биччараб тӏехьалда гьадин хъвалеб буго:\n«Мухӏамадгӏали (Махӏач) Дахӏадаев гьавуна 1882 соналъул 2 апрелалда Авар округалъул Унсоколо росулъ ресалда вугев маххул къебед Давудов Дахӏадалги ХӏасанхӏажиеваДавудова Хӏуриялги хъизаналда.\nРосдал лъималго гӏадин, Махӏачицаги цин гӏараб цӏали гьабуна мажгиталда цебе рагьараб мадрасаялда. Гьитӏинго эменги камун, эбелги росасе ун, гӏагарлъиялъ хьихьун гӏолев вукӏана гьев. Гьедин эбел-инсул рокьиги лъачӏого, жиндиего чед-хинкӏ щвезелъун гӏетӏ тӏун хӏалтӏизе кколеб хӏалалда рехун тун вугин Махӏачилан гӏадамазул гӏайиб-гъвелалги щун, эбелалъги Чӏиркъатӏаса бесдал эмен Мухӏамад-Султаницаги Махӏач Хунзахъ гӏурус (байбихьул) школалда цӏализе лъола.\nАвар округалъул начальник лъикӏ лъалев вукӏуна бесдал инсуда. Гьес кумек гьабула Махӏач цӏализе лъезе.\nХунзахъ гӏурус школалъул директорасул малъа-хъваялда рекъон, гьелдаса хадув Махӏач лъугьуна Темир-хан-Шураялда букӏараб реалияб училищеялде. Гьенир рукӏана гиназазулги, бегзабазулги, дармихъ- абазулги, офицерзабазулги, хӏакимзабазулги лъимал. Эбел-инсул буголъиялдаса ракӏги чӏухӏун, гӏадатиял хъизаназдаса лъималазда жидерго бечелъиги пахрулъиги бихьизабулел рукӏунаан гьел. Бесдалавги гьелгӏан рес бугевги вукӏинчӏолъиялъ Махӏачидехун гьез лъикӏаб бербалагьи бихьизабулароан. Гьебги бичӏчӏун, гьес хӏаракат бахъана училище тӏадегӏанал къиматазда лъугӏизабизе.\nГьеле гьеб реалияб училищеялдаса байбихьанин абизе бегьула тӏекълъиялда дандечӏун, ресукъазул ихтиярал цӏуниялда хурхун Махӏачил къеркьей. Амма тӏолабго халкъалда бан гьединаб хӏаракатчилъи бихьизабизе ккани, цин лъай камил гьабизе ва бажари цӏубазе кколеблъи бичӏчӏана гьесда. Гьединлъидал 18 сон барав Махӏач 1900 соналда Петербургалде уна Александр Тӏоцевесесул цӏаралда бугеб маххул нухазул инженеразул институталда цӏализе. Гьединаб бакӏалде цӏализе иналдасан бихьулеб буго Махӏач бергьун кӏудияб лъаялъул чи вукӏараблъи.\nАмма институталда цӏаларалъухъ гӏарац кьезе кколаан. Рокъосан гьелъие ресги букӏинчӏого, Махӏачица гьеб кьолаан гиназ Хъазаналиповас чӏезабураб стипендиялдаса, хадуб – Кавказалъул цӏалул округалъ кьураб гӏарцудаса.\nПетербургалда Махӏачил лъай-хъвай ккана М.-М. Хизроевасулгун, С. Марковасулгун, И. Котровасулгун, М. Тӏалхӏатилгун, Р. Каплановасулгун. Гьелги дораго цӏалулел рукӏана. Лъабго соналда жаниб гьесда гӏурус мацӏ тӏокӏкӏун лъана, бажарулеб букӏана эркенго сочинениял хъвазеги. Гьес гӏемер цӏалулаан политикияб литератураги.\nМахӏач гӏахьаллъулаан доб заманалда Петербургалда студентаз гьарулел рукӏарал дандечӏеязулъ. Гьесие кӏудияб асар гьабуна 1901 соналда Обуховалъул рагъулаб заводалъул хӏалтӏухъабаз 1 маялда гьабураб дандечӏеялъ».\nМахӏачил бесдал эмен, Чӏиркъатӏаса Мухӏамад-Султан-хӏажи вукӏун вуго доб заманалда бечедавин рикӏкӏунев чи. Гьесул квербакъиялдалъун цӏалана Махӏач Хунзахъ. Темир-хан-Шурагун Петербургалда цӏализе абуни Махӏачие кумек щвана гиназ Хъазаналиповасдаса.\nТуапсеялда\n«Инженер Дахӏадаевин» абулаан гьесда Петербургалда маххул нуха- зул институт лъугӏизабиялъ. Туапсеялда гьабсагӏатги хӏалтӏулеб буго гьанжего-гьанже инженерасул ди- пломги щун, доб мехалда Махӏачица гьениб бараб порт. Рес къотӏиялда рукӏарал дагъистаниязул 1500 чи ва- чун вуго гьес гьениве хӏалтӏизе.\nМахӏачил хӏурматалда рагьараб музейги, гьесул цӏар кьураб къватӏги буго Туапсеялда.\nХунжрузул завод\nРеволюциялъул ишазе гуревги, цогидаб хӏалтӏи гӏуцӏиялъеги лъикӏав вукӏун вуго Махӏач. Масала, 1916 соналда Темир-хан-Шураб хунжрул гьарулеб завод рагьун буго гьес. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго гьадинаб документалъ:\n№ 125. Донесение жандармского унтерофицера об открытии в ТемирХан-Шуре мастерских по изготовлению кинжалов 172 12 февраля 1916 г.\nС разрешения правительства в г. Темир-Хан-Шуре в доме купца Мавраева с 1-го февраля с.г. открываются мастерские-кузницы в не-сколько горнов для изготовления и выделки полмиллиона азиатских кинжалов для вооружения кавказской действующей армии. Все заказы взял на себя инженер Дахӏадаев совместно с купцом Мавраевым. Мастера и рабочие туземцы, лезгины и мусульмане. За всеми работами следит и руководит сам инженер Дахӏадаев.\nМастеров принято пока немного и мастерские не окончены. Об изложенном доношу вашему высокоблагородию.\nУнтер-офицер Григорий Коротаев.\nСеверияб Кавказалда советияб власть бергьиналъе гӏоло къеркьолев вукӏарав Сагӏид Габиевас гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго:\n«Хас гьабун Дагъистан областалъул бакьулъ – рагъулав губернаторасул хъалаялда ракьцоязе хӏалтӏизе бакӏал гӏуцӏи кколаан студентлъун вугеб мехалдаго Махӏачил букӏараб анищ. Рагъул заманалда гьес гьеб хунжрузул завод рагьун букӏинчӏебани, 1917-1918 соназда революциялда дандечӏарал батӏи-батӏиял къува- тазда данде къеркьезеги бажару- леб, зарудегун яргъиде ккезегӏанги (жидерабго билълъинабун) киналго съездазда, конференциязда гӏахьаллъулеб додинаб захӏматхалкъ Шура букӏунароан».\nХунжрул гьарулеб заводалъул тарих тӏубан жеги лъазабун бахъун гьечӏин хъвалеб буго цойги документалдаги:\n«Темир-Хан-Шураялда цохӏо хун- жрузул завод кколаан батӏи-батӏиял миллатаздаса хӏалтӏухъаби жанир рукӏараб предприятие. Махӏач Дахӏадаевасул нухмалъиялда гъоркь заводалда гӏуцӏун букӏана миллияб багъа-бачариги Россиялъул пролетариатги цолъиялъе квербакъараб цолъи – «Союз рабочих и земледельцев»\n1918 соналда Дагъистаналда советияб власть бергьиндал, гьеб заводалъул аслиял захӏматчагӏи Багӏараб Армиялдеги лъугьун, Махӏач Дахӏадаевасул нухмалъиялда гъоркь тушманасда данде рагъулел рукӏана. Гьадинаб хӏужаги рехселин – дагъистанияз революциялъе гӏоло гьабулеб къеркьеялда гьоркьоса Дахӏадаев нахъе инавиялъул мурадалда гьесул тушбабаз хунжрул гьарулеб заводалъул хӏалтӏи гьесда бадибчӏвалеб (данде хӏалтӏизабулеб) букӏана 1917 соналда.\nГьелда бан Махӏач Дахӏадаевас хъвалеб бугоан гьедин абулел чагӏи цере жалго рукӏанин лъикӏаб гуреб гӏумруялда, Дагъистаналъул халкъалдаги гьел хъамалчагӏи хӏисабалда лъалилан («с темным прошлым, достаточно известные дагестанскому народу как грабители…»). (См. ЦИВИА. Ф 2170. On. 1. Д. 208. Л. 27.).\nИмам Шамилилгун гӏагарлъи\n1907 соналда имам Шамилил вас, Россиялъул генерал Мухӏамадшапигӏил кӏудияй яс Патӏимат-Загьра ячуна Махӏачица. Петербургалда цӏалулеб мехалда, ракьцояв хӏисабалда лъай-хъвайги ккун, гьезухъе гьоболлъухъ щолев вукӏуна гьев. Патӏимат-Загьраги йикӏуна къватӏисел улкабазул чанго батӏияб мацӏги лъалей, цеетӏурай яс.\nПатӏимат-Загьраца Гӏадилгерей абурав вас гьавун хадуй гьей унтула. Цинги гӏагарлъиялъул изнуялдалъун жеги гьелъулго гьитӏинай яц Написатги ячуна хадуй Махӏачица.\n1916 соналда Написатгун цадахъ гьев гочуна Темир-хан-Шураялде. Тарихчи Булач Хӏажиевас хъвалеб бугоан Махӏач Дахӏадаевас гьениб босанила Дагъистаналъул полкалъул офицер Мальсаговасул букӏараб мина; цӏакъ баркат бахъараб минаги букӏун бугила гьеб – офицерасул ясалъ жийго жинцаго жаний чӏвараб; къокъабго заманалдасан Махӏачил жиндирго магӏирукъги лъезе кканила гьениб.\nКисловодскиялде хӏухьбахъизе арав Махӏачил вакьад Мухӏамадшапигӏ хола 45 сон бараб мехалда. Хадувги ун, Махӏачица Кисловодскиялда аскӏоб бугеб росулъ вукъула гьев.\nГьелдаса хадуй Махӏачил якьад Ленинградалде гочуна. Татарай кколаан гьей.\n1918 соналда Махӏач чӏван хадуб Написатги гочуна гьаниса Ленинградалде. Гьеб мехалдехун цойги чиясе росасеги ун йикӏуна гьей. Цинги Ленинградалъул блокадаялда хола.\nМахӏачил цӏарал\nПорт-Петровскиялда Махӏачил хъалаян цӏар лъезе хӏукму гьабула 1921 соналъул 14 маялда.\n1930 соналъул 19 апрелалда даргиязул Ураринский районалдаги лъуна Дахӏадаевасул цӏар.\n1944-1957 соназда Чачаналда Даттах ва Ца-Ведено росабаздаги лъуна Дахӏадаево, Махачаул абун цӏарал. Гьеб мехалда чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун, гьенир гӏумру гьабулел рукӏана магӏарулал.\nГӏумруги хвелги\nСунда квер баниги, хӏалтӏи гьабун хӏалтӏи релълъунев, ккезесеб жо цебеккунго лъалев чи вукӏун вуго Махӏач. Дагъистаналда тӏоцебе армияги гьес гӏуцӏана. Гъов кколаан Дагъистаналъул рагъулав комиссар.\nГьанжесеб «Хӏакъикъат» газеталъе байбихьиги Махӏачицагун гьесул лъади Написатица лъуна, «Заман» газетаги биччазе байбихьун.\nХалкъ хадуб цӏазеги кутакаб махщел букӏун буго гьесул. Темир-хан-Шураялда митингазда Махӏачица гьарулел кӏалъаял рагӏарал чагӏи Хӏоцоса Нажмудинил рахъалдаса гьесул рахъалде рачӏунел рукӏун руго.\nБичераховасул чагӏазул рахӏатхвезабизе лъугьун буго гьеб хӏужаялъ, гьединлъидал хӏукму гьабун буго Махӏач чӏвазе. Революциялъе цӏиял къуватал ралагьизе магӏарухъе унев вукӏарав гьев чӏвана Жунгуталде щведал.\nАмма бицуна Махӏачил рахъккурал чагӏаз туснахъалъуб рецӏел босун бугин гьел чӏвадарухъабаздасаян.\nМахӏач чӏван хадуб гьабураб кӏалъаялда Сагӏид Габиевас абулеб буго гӏумруги хвелги кинаб букӏине кколебани халкъалда бихьизабунин гьесилан. 36 сон гурони бачӏо гьес дунялалда.\nХӏадур гьабуна З. ХӏАЖИЕВАЛЪ. Махӏач Дахӏадаевасда хурхарал сураталги документалги ритӏун рачӏана Дагъистаналъул Миллияб Музеялъ ва Дахӏадаевасул цӏаралда бугеб республикаялъул фондалъ."}
{"slug": "16756-zhiddayalda-rossiyal-ul-diplomatazul-130-sonilab-tarikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16756-zhiddayalda-rossiyal-ul-diplomatazul-130-sonilab-tarikh", "title": "Жиддаялда Россиялъул дипломатазул 130 сонилаб тарих", "date": "2022-03-31 11:10:14", "categories": ["kkara-tar"], "text": "29 марталда Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана дипломат, тарихиял гӏелмабазул кандидат Багьавудин Гӏалиевасул лъабабилеб тӏехьалъул презентация.\n«Первое в Аравии. История Генерального консульства России в Джидде (1891-2021)» абураб гьел- да бицунеб буго Гӏарабазул бащдаб чӏинкӏиллъиялда Россиялъул офи- циалияб вакиллъи рагьаралдаса араб 130 соналда жаниб ккараб тарихалъул хӏакъалъулъ. Гьанжелъагӏан букӏун гьечӏо гьединаб магӏнаялъул тӏехь.\nБагьавудин Гӏалиевас гьеб хъван буго кӏиго соналда жаниб.\nПрезентациялда гьес бицана гӏезегӏан кӏудияб тарих бугила гьеб генконсуллъиялъул, гӏараб улка- базда хӏалтӏулаго, рукӏа-рахъин язихъаб, сверухъ бугеб ахӏвал-хӏал хӏинкъараб букӏиналъ пашманаб къисмат ккарал посолалги чанги кканила. Масала, 70 километр гурони гьоркьоб гьечӏеб Жиддаялдаса Маккаялде унаго нухда кӏиго къо балеб букӏун буго. Рукӏа-рахъиналъул шартӏазул бицани, лъабго миллион чияс жаниб гӏумру гьабулеб Жидда шагьаралда чанго соналъ цебе гурони канализацияцин гьабун гьечӏо.\nГьединго тӏехьалъ квербакъила хӏажизабазда хурхараб тарих лъаялъеги. Хасго Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса гурони, хӏеж борхизе Кавказалдаса унел рукӏарал гӏадамазул бицарал бакӏал къанагӏат гурони дандчӏваларин абуна Б. Гӏалиевас.\nЖиддаялда Россиялъул генконсуллъун Багьавудин Гӏалиев тӏамун хадуб хӏажизабазе бигьалъанин цоцо суалал тӏуразеян бицана презентациялда Дагъистаналъул халкъияв поэт, «Хӏаж-миссиялда» хӏалтӏулев вукӏарав Мухӏамад Хӏамзаевас. Официалиял кагъталги хъван цере гӏезегӏан заманаялъ балагьун чӏезе кколел рукӏун ратани, гьес телефоналдасан кӏалъан сордо-къоялда жаниб бокьараб мехалда тӏубалаанила хӏажизабазулги, дора цӏалулел студентазулги, даран-базаралъ рачӏаразулги суалал.\nБагьавудин Гӏалиев сабаблъун кьолеб букӏун буго нилъер гьаниса хӏажизабазе тӏадеги квотабиги.\n«Гьесул гӏадатлъи бихьизабулеб цоги хӏужа рехселин. Маккаялдаса Гӏарафат магӏарде гӏадамал раччулеб къокъаб нух бахъичӏеб заман букӏана. Гьединлъидал нухда транспорталъул читӏирги лъугьун, тӏубарал сагӏтаз автобусазда жанир балагьун чӏезе кколаан хӏажизаби. Гьеб соналъ анцӏго сагӏатниги бана магӏарде щвезе. Гьеб мехалда Цӏумадаса чи лъугьана разилъи гьечӏолъи бихьизабизе, гьаб щибила жидее кьолеб гӏакъуба, жинца жидерго Багьавудиниде гӏарз бахъилила. Ахӏана гьесухъе. Цинги Багьавудиница гьесие жаваб кьуна мун гӏодов чӏун рагӏулила, жив абуни 13 сагӏаталъ цого хӏатӏида вахъун чӏун вугила, щибила гьабилеб, гьаб жо хӏеж кколеблъидал», — абун бицана М. Хӏамзаевас.\nБагьавудин Гӏалиевасда тӏехь баркизе рачӏун рукӏана батӏи-батӏияб заманалда гьесда цадахъ хӏалтӏарал, лъале-хъвалел, ракьцоял.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "16757-tso-zhamagiatal-ul-tarikhal-ul-azargo-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16757-tso-zhamagiatal-ul-tarikhal-ul-azargo-son", "title": "«Цо жамагӏаталъул тарихалъул азарго сон…»", "date": "2022-03-31 11:12:36", "categories": ["kkara-tar"], "text": "«Россия — дир тарих» абураб музеялда тӏобитӏана гӏалимзабазул дандеруссин. Гьелъул аслияб мурад букӏана «Цо жамагӏаталъул тарихалъул азарго сон: Гӏурада ва гӏурадисел» абураб тӏехьалъулгун лъай-хъвай гьаби. Гьеб хъвана РАНалъул Дагъистаналъул федерали- яб цӏех-рехазул централъул (ДФИЦ) тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏалимзаби Шагӏбан Хӏапизовас, Рамазан Гӏабдулмажидовас ва Мухӏамад Шехмухӏамадовас.\nДанделъи нухда бачарав профессор Тимур Айтберовас абуна: «Дагъистаниязе хасиятаб буго жидерго росу-ракь машгьурлъизаби, гьелъул рухӏияб ирс лъазаби ва цӏуни, гьединго гьеб бечелъи ирсилазе нахъе тезе бокьи. Гьеб ккола гьаб тӏехь хъваялъул аслияб мурадги», — ан.\nТӏехьалъе редакторлъи гьабурав тарихчи Махӏач Мусаевас абуна: «Гьаб гӏадин рагӏа-ракьанде щун ва мухӏканал документазул кьучӏалда хъвараб тӏехь республикаялъул цониги росдал хӏакъалъулъ гьечӏо. Гьеб рикӏкӏине ккола Гӏурада росдал мисалаздалъун Дагъистаналъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб тӏехьлъун», — ан.\nГӏурадисезул жамагӏаталъул цӏаралдасан Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Ибрагьимовас абуна: «Тӏехьалъул аслияб кӏвар ва къимат ккола гьеб архивазул, жалго бетӏергьанал чагӏазул коллекциязул, квералъ хъварал тӏахьазул ва кагътазул фондалъул документазул кьучӏалда хъвараб букӏин. Дица гьеб цӏалана, кодоб къаламгун. Гьайгьай, дун чамалиго нухалъ гьелде тӏад вуссина. Дица гьеб рикӏкӏуна кӏудияб рухӏияб бечелъилъун ва щивав гьидалъесул столалда тӏад чара гьечӏого букӏине кколеб тӏехьлъун.\nДие цӏакъ кеп щвана гьелда бицунеб бугеб, цебе Гьидалъ букӏараб, демократияб къагӏидаялда масъалаби тӏуразарулел рукӏиналъул баяналъул. Тӏад Гӏурада росдада тӏадехун бугеб «Хурда хӏор» абулеб майданалде данделъиялде ахӏулел рукӏун руго гьидерил росабазул бегавулзаби, гӏалимзаби ва рагӏи билълъарал чагӏи. Гьоркьор лъолел рукӏун руго рагъ-кьалалъул, яшавмагӏишаталъул, гӏадат-гӏамалалъул, ай гьидерил боялъе кӏвар бугел суалал. Киналго вакилзаби разилъун гурони, гьел къабул гьарулелги рукӏун гьечӏо, амма, къабул гьарун хадур, гьел чара гьечӏого тӏуразе кколел рукӏун руго», — ян.\nТӏехь хъваялъе кӏудияб кумек гьабурав Мухӏамад Чӏегӏеровас абуна, тӏехь хъваялъул хӏалтӏи байбихьанила 2008 соналда. Абизе бегьулила гьелъие кьучӏ лъунин профессор Амри Шихсагӏидовас. Гӏалимчи Мухӏамад Шехмухӏамадовгун цадахъ лъугьун, гьес реганила нахъе цӏунун хутӏарал Гӏурада росдал та- рихалъул бицунел, гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал цӏакъ гӏемерал церегосел документал. Гьездаса тӏехьалде росарал гӏемерал баяназдасан ва хӏужабаздасан цӏалдолезда лъалила некӏо гӏурадисезул ва гьидерил букӏараб гӏумру-яшавалъул, гӏадатазул хӏакъалъулъ гӏемерал пайдаял хӏужаби.\nТӏехь хъваразул цояв Мухӏамад Шехмухӏамадовас абуна: «Аби буго, лъикӏлъи гьабурасе баркала кьоларес Аллагьасеги баркала кьолароян. Нижер рахъалдаса дица кӏудияб баркала кьела, нижее сундуего хӏалае батараб гӏурадисезул жамагӏаталъе, хасго нижер хӏалтӏуе киналго шартӏал чӏезарурал ва къиматал малъа-хъваял гьарурал Мухӏамад Муртазагӏалиевасе ва Мухӏамад Чӏегӏеровасе. Гьединго тӏехь биччаялъе хӏажалъулел харжал тӏубанго жинда тӏаде росарав Мухӏамад Талайловасе.\nГьеб тӏехь хъваялъе нижеца гьабуна цӏакъ кӏудияб гӏелмияб цӏех-рех. Моцӏаз хӏалтӏана Тифлисалъул ва Москваялъул рагъулгун тарихалъул архивазда. Цоги жоялъул бицинаро, гӏицӏго дир килщаз бегана щуазаргоялдаса цӏикӏкӏун архивияб документ. Пайда босана 106 гӏалимчи-тарихчиясул тӏахьаздаса ва макъалабаздаса. Гьадин рагӏаракьанде щун хъвараб гьеб тӏехь лъугьина росабазул тарихалъул тӏахьал хъвалел чагӏазе къиматаб мисаллъун.\nРосабазул ва жамагӏатазул хӏакъалъулъ хъварал гӏемерисел тӏахьал руго «хъвадарухъанас» жинда берцин бихьараб къагӏидаялда, ай тарихиял баянал мекъса сверизарун ва хӏужабазулъ хатӏалъи бич- чан хъварал. Гьезда кӏодо гьабулеб буго жидерго тухум-кьибилалъул машгъуллъи, понцӏозабулеб буго гӏагарал чагӏазул цӏакълъи- тӏокӏлъи. Гьедин хъвараб тӏехь тарихалъулаб кколаро, гьеб рикӏкӏине ккола художествияб асарлъун, гьелъул бицине гӏураб къимат букӏунаро. Росдал хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе ккола хъвалеб жо жиндего цӏаларев вацӏцӏадав гӏалимчияс яги тарихчияс», — ан. Тӏехьалда руго цӏалулезе пайдаял гӏемерал хӏужаби ва баянал. Маса- ла, 1365 соналда гьениб бараблъун рикӏкӏунеб буго гьатӏанрукъалъул мина (часовня), гьелда сверун гӏуцӏун буго Гӏурада росу. Баян кьолеб буго Хӏарада росдал гӏадамал Гьидалъа къватӏире гъеялъе ккараб гӏиллаялъул. Бицунеб буго исламияб дин тӏибитӏизе насранияз гьабулеб букӏараб квалквалалъул ва XVII гӏасруялъул бакьулъ исламияб низам билълъанхъизабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ.\nГьайгьай, цӏалдолез гъираялда цӏалила 1741-1743 соназда Надир-шагьасде данде гьабулеб букӏараб къеркьеялда исламияв гӏалимчи Ибрагьим-хӏажияс гьабураб цевехъанлъиялъул ва гьидерил гӏолохъабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ.\nXVII гӏасруялъул 70-абилел соназда Гьидалъ тӏибитӏараб къавудаялъ хун вуго цӏакъ гӏемер чи, гьелъ кьаби щвезабун буго гьидерил жамагӏаталъул яшав-магӏишаталда ва рагъулаб гучалда. Гьелъул хӏасилалда гьидерил боялъул цебе букӏараб кӏвар лъугӏун буго.\nТӏехьалда гӏатӏидго бицунеб буго, Имамат гӏуцӏулаго ва гьеб цӏунулаго, гьидерил гӏолохъабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Масала, 1856 соналда Гьидерил наиблъиялъ Имаматалъул аскаралде витӏун вуго 200 рекӏарав ва 300 лъелав рагъухъан.\nДир щибго щаклъи гьечӏо, гьеб тӏехь цӏалдолез гъираялда къабул гьабизе букӏиналда.\nНури Нуриев"}
{"slug": "16758-shargial-ul-naibzabi-gab-duniyal-tun-indal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16758-shargial-ul-naibzabi-gab-duniyal-tun-indal", "title": "Шаргӏалъул наибзаби гьаб дуниял тун индал…", "date": "2022-03-31 11:16:20", "categories": ["history"], "text": "Гӏедегӏун кӏетӏолеб буго гӏумрудул сагӏат. Къоял сардаца хисун, сагӏтал минутаз рикӏкӏун, «къиркъидулеб буго къарнудал каву». Рахӏат гьечӏеб гӏасруялъул вакилзаби лъугьана нилъ.\nЗамана-техтеро, гъугъадулеб зоб…\n«Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал, Хваралги ракӏалде щун шигӏруялда кӏалъазин», — абун хъвана Игьалиса Чупалас нусгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебего. Гӏасругун бащадалъ цере хъварал рукӏаниги, гьел мухъал лъугьана жакъасеб нилъер хӏакъикъат жанисан бихьулеб матӏулъун, пашманлъиялде рагьулеб кавулъун. Аралъул хӏисабги гьаб дунял тун арал рухӏиял церехъабазул пикруги гьабизе нилъ тӏамулеллъун руго шагӏирасул гьал мухъал.\nАбухъего, хараблъун буго магӏарухълъи, имамзабиги тӏагӏун, гӏалимзабиги ракьулъе ун, рухӏиял церехъабазда тӏад къаналги чӏван. Гьаб ракьалда нилъ хутӏун руго цо къиматаб хазинаги билун, гьеб балагьулел пашманал лъимал гӏадин.\nЩай дица гьабгощинаб жо хъвалеб бугебилан ракӏалде ккезе бегьула нужеда. Халатаб цеберагӏиги нужее цӏалкӏун, цо пашманаб темаялде нуцӏа щай дица рагьизехъин бугеб?\nРеспубликаялдагун дунялалда кколел ругел хӏалуцарал лъугьа-бахъиназда хадуб хал кколелги рукӏун, цо лъикӏав чиясул хӏакъалъулъ нужее бицине кӏочон батана араб номералда. Дица бицунеб буго рахӏимукуллагь, бергьарав гӏалим, Бакълъухъа Гӏабдулгъапурил Гьитӏинамухӏамадил.\n23 марталда 10 сон сверана гьев шагьидлъаралдаса. Буйнакскиялъул аслияб мажгиталде рогьалил какде унев гьевги гьесулго росулъа гӏолохъанчиги кьвагьизавуна исламалъул тушбабаз. Ахираб 2030 соналда жаниб гьел жанавараз анцӏ-анцӏ чи кьвагьизавуна. Гьеб ракӏгъанцӏизабулеб статистикаялде, гӏадатияб жоялде гӏадин, ругьунлъун ана нилъер гӏумру.\n10 сон сверана Гӏабдулгъапурил Мухӏамад шагьидлъаралдаса. Амма гьеб анцӏабго соналда жанибги хутӏа-хутӏарабги квешлъун, гӏассилъун гурони, дуниялги заманаги лъикӏлъичӏо.\nРахӏимукуллагь, Гӏабдулгъапурил Мухӏамад гьавуна 1960 соналъул 12 февралалда Шамил районалъул Бакълъухъ росулъ, гӏелмуялда гӏамал рекъарав гӏалимчи, лъикӏав мурид, Абдалил Мухӏумил Гӏабдулгъапурил хъизамалда. Мухӏамад, эбелалъул ургьив вукӏаго, Бакълъухъа Сагӏдухӏажиясул Мухӏамадафандияс (къуддиса сирругьу) Гӏабдулгъапурида абун буго: «Мун хъизанги ячун жеги устарасухъе инчӏого щиб гьабулев вугев?» — илан. Устарас малъарабги гьабун, нахъисеб къоялъ радалго Лъахъа Хӏамзатафандиясухъе уна Гӏабдулгъапурил Мухӏамадил эмен.\nМухӏамадида гьитӏинго Къуръан малъана инсуца. Дин гьукъарал со- налги рукӏун, магӏарулазул цогидал росабалъго гӏадин, Бакълъухъги балъго балаан рузманалъул как ва цӏалулаан хатму-салават.\nГьеб кинабго тадбир Гӏабдулгъапурил бетӏерлъиялда гъоркь гье- сул рокъоб букӏунаан. Гьитӏинав чи вукӏаниги, Мухӏамадицаги гьеб кидаго гьоркьоб толароан. Лъимерлъудаго Гӏабдулгъапурил Мухӏамад вукӏана гӏажаибго тирияв, квер хехав, векеризе, кӏанцӏизе гьунар бугев чи.\nУстарасул файиз рекӏелъе тӏурав\nЖеги гьитӏинав чи вукӏаго, Мухӏамад инсуца гӏемер витӏулаан Бакълъухъа Кӏудиясухъе къваригӏелалъ.\nГьитӏинаб къоялдаса нахъе Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афандиясухъ паналъарав, хӏакъикъияб рокьиялъ гьев вокьулев ва сундулъго гьесда релълъине хӏаракат бахъулев чи вукӏана Гӏабдулгъапурил Мухӏамад.\nЦо къоялъ Бакълъухъа Кӏудияс Гӏабдулгъапурида абун буго гьав вас назру гьабун жиндие кьейилан. Кьунилан Гӏабдулгъапурицаги абун буго. Бакълъухъ росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, 1978 соналъ Буйнакскиялъул махщалил учили- щеялде цӏализе уна Гӏабдулгъапурил Мухӏамад. Амма цӏалиги багьана- де ккун, хӏакъикъаталда Мухӏамад вукӏана гӏелму цӏализе къватӏиве вахъарав чи. Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афандиги доб мехалъ гӏумру гьабун Буйнакскиялда вукӏана. Кӏудияс гӏумру гьабун жиндирго рокъов тана гьев.\n1979 соналъ Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афандиясда дандги бан байбихьана Гӏабдугъапурил Мухӏамадица гӏелму цӏализе ва гьелдаса нахъе гӏелму цӏали гьоркьоб къотӏизе течӏо гьев хӏикматав инсанас. Буйнакскиялдаса росулъе нахъ- вуссиндал, Кӏудияс Мухӏамадида абуна: «Малъун гурони, цӏалун гӏелмуги щоларин, гьанже дудаго лъараб жо цогидаздаги малъе», — йилан. Гьеб букӏана 1984 сон. Гьелдаса нахъе динул-исламалде рокьи бугелщинал гӏолилалги данде гьарун, гьезда балъго дарсал лъезе байбихьана Гӏабдулгъапурил Мухӏамадица. 1988 соналдаса нахъе гьесул рокъоса гӏелму цӏалулел гӏолохъаби камичӏо.\nЦере цӏалараз хадур рачӏунезда малъун, анлъго-анкьго соналда жа- ниб гӏелмуялъе гьунар бугел мугӏалимзаби гӏуна Бакълухъ ва 1990 соналъ гьениб мадраса рагьана. Гьелдаса нахъе шагьидлъун живго хвезегӏан, 30 соналъ гьоркьоса къотӏизе течӏого тӏубазабуна Гӏабдулгъапурил Мухӏамадица Бакълъухъа Кӏудиясул амру.\nКигӏан мутагӏилзабаз цӏураб рукъ бугониги ва къасиги къадги гьезда гъорлъ вугониги, Гӏабдулгъапурил Мухӏамадица рогьалил как базегӏан устарас жиндихъего кьураб вирд течӏо. Бакълъухъа Сагӏдухӏажиясул Мухӏамадие цӏакъ хирияв инсанги вукӏана гьев. Гьев мубаракас абулаан цо гӏайиб бугин Гӏабдулгъапурил Мухӏамадида – гьев цохӏо вукӏин.\nХӏакъикъаталдаги цохӏо гурони вукӏинчӏолъиялъ гӏолев вукӏинчӏо гьев тӏубараб республикаялъего. Исламалъул «хехаб кумекилан» цӏарги лъун, къокъаб заманалда жанив анцӏ-анцӏ росабалъе, шагьаразде витӏулаан гьев муфтияталъ. Витӏулаан бищун хӏалуцараб ахӏвал- хӏал бугеб, исламалде гӏадамал ахӏизе хӏажалъи ккараб бакӏалде.\nДунялалъул рахӏат дуца цӏехечӏо\nГьабулеб минаялъул тӏохги жиб- го тун ана гьев баракатав гӏалим Кӏаратӏе хӏалтӏизе. Инеги, багъ- арун букӏараб цементалъул рас- творги лъугӏизабун, рокъовеги ун ретӏелги хисун, дунял рукӏкӏунеб гӏужалъ ана. Бакълъухъа Кӏаратӏеги, Кӏаратӏаса Бакълъухъеги кигӏан цӏорораб хасалоги лъелго хьвадулев вукӏун вуго гьев. Накалде бахунеб гӏазулъан нухги бахъулаго, мугӏрул къотӏун хьвадана гьев анкьго со- налъ. Гӏахьвалазул цӏорорал мугӏруз ккезабунин жинда гьуъруздаги бох- дуздаги унтиян абулеб букӏун гьес нахъа.\nАнсалтӏа, Кӏаратӏа, Нечаевка, Гъизилюрталда, Генуб, Кокрекалда, Балахьуниб, Дилим, Хунзахъ, Гьоцӏалъ, Буйнакскиялда — гьев щвечӏевги гьес гӏелму малъичӏебги росу-ракьго хутӏанадай республикаялдаян ккола цо-цо мехалъ, хӏисаб гьабидал. Гьеб киналдаго гьоркьоб, бокьараб росулъ ялъуни шагьаралда гӏалимзабазул мажлисазде, мажгит рагьулеб бакӏалде инеги батулеб букӏараб заман гьесда. Гьенир гьарурал, цоялдаса цоял камилал, ракӏалдаса унарел гьесул кӏалъаял. Щибаб хӏарп рекӏелъе бортуледухъ гьарулел вагӏзаби. Аллагьас гӏажаибаб, жиндирго нияталда рекъараб къуват кьун букӏана гьев мубаракасе. Киве щваниги данделъаби гьарун, мажлисал гӏуцӏун, дарсал цӏалун цо лахӏзат гӏадада ине биччачӏо гьес гӏумруялъул ахиралде щвезегӏан\nГьединав чи вукӏана рахӏимукулллагь Гӏабдулгъапурил Мухӏамадхӏажи. Гьесул даражаялъул гӏалимчи жакъа нилъер республикаялда гӏемер гьечӏолъи хӏакъаб буго.\nАзарго соналда жанив цо нухалъ вахъунев, къанагӏатаб гьунаралъул чи вахъана гьесул. Нилъер заманалъул Имам Гъазалиян абизе бегьила гьесда. Гьес киданиги кодоса биччалареб тӏехь букӏана Гъазалиясул «Ихӏяъал» абураб машгьураб тӏехь. Шагьидлъараб къоялъги гьеб букӏана Мухӏамадихъ кодоб. Рогьалил какдаса хадуб кидаго гьеб мажмугӏ цӏалулеб букӏун буго гьес гӏадамазе.\nМуфти Сайидмухӏамад-хӏажидаса байбихьун, цояв цоясдаса берцинаб тӏабигӏаталъул гӏалим камуна нилъее. Гьез цадахъ босун араб гӏадин гьаб ракьалдаса дагь-дагьккун лъугӏулеб буго берцинлъиги, лъикӏлъиги, баракатги, адаб-хӏурматги. Ракӏбохизабулеб хабарго рагӏулеб гьечӏо.\nХӏамзатил Расулица абухъе: «Росулел кверазулъ, цебе букӏинчӏеб, рекӏелъе лъугьунеб хинлъи дагь буго». Хинлъи дагьлъулеб буго ракьалдаса. «Ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏадалъ» риччизарун, цере рукӏарал лъикӏал гӏадамазул бицун, рекӏее парахат гьабулел хутӏун руго нилъ.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16759-ramazan-urkh-arab-gobol", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16759-ramazan-urkh-arab-gobol", "title": "Рамазан-урхъараб гьобол", "date": "2022-03-31 11:22:47", "categories": ["history"], "text": "Талихӏавлъун ккола Рамазан моцӏ тӏаде щвелалде живго витӏизавулев, мекъал гӏамалаздаса живго цӏунулев чи. Рамазан буго Аллагьасде вуссине бокьарав чи Гьес къабул гьавулеб моцӏ. Гьаб буго гӏумруялъго гӏемерал гъалатӏал гьарулев вукӏарав чиясул тавбугицин Рахӏманас къабул гьабулеб моцӏ. Муъминзабазул мунагьалги чурулеб, щайтӏанги рахсида бухьун, лъикӏал ишазде инсан машгъуллъулеб рамазан моцӏ бихьизе рес кьурав Аллагьасе рецц буго. Баркула киназдаго баракатазул цӏураб, жинда жаниб Къуръан рещтӏараб рамазан моцӏ тӏаде щвей.\nИсана нилъер улкаялъе захӏматаб соналда нилъ киналго урхъун рукӏана рахӏматазул цӏураб, баракатаб моцӏ тӏаде щвеялъухъ. Нилъер щивасул рекӏелъ бугеб хӏинкъигун ургъел тӏаса босулеблъун батаги хирияб моцӏ. Гьеб ккола жиндир авал рахӏматлъун, бакьулъ бакӏ — мунагьал чурилъун, ахир — жужахӏалдаса тархъилъун рикӏкӏунеб моцӏ.\nЩибаб сардилъ Аллагьас ахӏулеб буго: «Вугищ мунагьал чуризе бокьарав чи, Дица гьесул мунагьал чуризе руго. Вугищ дугӏа гьабулев чи, Дица гьесул дугӏаялъе жаваб гьабизе буго. Вугищ Диде вуссине бокьарав чи, Дун гьесде вуссине вуго», — ян. Гьалдаса кӏудияб рахӏматги щибха букӏинеб?\nСундасаха байбихьилеб? Тӏоцебесеб иргаялда, тавбу гьабила. Как балеб гьечӏищ – цӏидасан какал разе байбихьила. Цебегоялдаса нахъе Къуръан цӏализе бокьун, амма регӏичӏого хутӏун ругищ – Рамазан моцӏалъ байбихьи лъела.\nКӏал кквеялъул адабал\nАллагьасул салам лъеяв Аварагасул хӏадис буго: «Кӏал ккурав чиясул кири хвезабулеб пиша щуго буго: гьереси бицин; чиясда нахъасан кӏалъай; мацӏ гьаби; гьереси бицун гьеди; шагьваталдалъун чияр чӏужуялде балагьи», — ян.\nРамазан моцӏ Къуръан цӏалун, Аллагь рехсон, рес букӏун щуябго как жамагӏат гьабун мажгиталъуб бан рукӏине лъикӏаб буго. Пайда гьечӏел пишабазда заман гӏадада хвезабунгутӏиги адаблъун рикӏкӏуна. Таравихӏалъул каказде лъимал ва лъималазул лъимал рачинеги, гьезда какал гьуин гьаризеги лъикӏаб буго.\nГьеб моцӏалъ дагӏба-рагӏиялдасаги цӏунизе ккела. Хьандолев, вагъулев чи дандчӏвани, дун кӏал ккун вугиланги абун нахъе ина.\nРамазан моцӏалъ батӏаго тӏокӏал, лъикӏал тӏагӏамал чӏезаризе лъугьинчӏого, гӏадатлъун батараб кванда гӏей гьабун чӏела. «Гьеб напс квегъулеб моцӏ бугелъул цогидал моцӏаз кваналелдаса батӏияб, цӏикӏкӏун квен кванаге», — ян хъвалеб буго имам Гъазалияс.\nРамазан моцӏалъ цӏакъго хирияб буго цебехун как хутӏарав, гьекъелалъулгун хурхен букӏарав, зулму гьабурав, зина гьабурав, хъалиян бухӏарав чияс тавбуги гьабун, гьездаса инкар гьаби ва гьелги гьел гурелги квешал пишабаздаса ракӏбухӏун тавбу гьаби.\nГьеб пикру ритӏухъ гьабизе хӏадисалги руго. Аварагас (с.т.гӏ.в.) абуна: «Рамазаналъул тӏоцебесеб сордо бачӏараб мехалъ алжаналъул каваби рагьула, жужахӏалъул нуцӏби къала, щайтӏабаздаги, квешал жундуздаги гудрал рала. Аллагьасул рахъалдасан малаикзабаз ахӏула: «Я, лъикӏлъиялда хадув лъугьарав чи, дуца лъикӏлъиялда тӏадчӏей гьабе. Я, квешлъиялда хадув вилълъарав чи, дуца квешлъи рехун те», — ян. «Дихъе Аллагьасул салам лъеяв Жабрагӏилги вачӏун гьес абуна: «Рамазан моцӏги щун мунагьал чуричӏев чи Аллагьас рикӏкӏад гьавегиян, дицаги жаваб кьуна «Амин», — абун.\nКӏал биччалеб мехалъ дугӏа гьабизе лъикӏаб буго. Хирияб хӏадисалда буго: «Кӏал биччан хадуб гьабураб дугӏа нахъ чӏваларо», — ян.\nГӏага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби, мискин-пакъирзаби ахӏун гьезие маркӏачӏуда кӏал биччазе квен кьейги Рамазаналъул адаб гьабилъун рикӏкӏуна. Хирияб хӏадисалда буго: «Кӏал ккурав чиясе маркӏачӏуда квенги кьун кӏал биччазабуни, мунагьал чури ва жужахӏалдаса тархъи гуребги, дов кӏал ккурасеги мукъсанлъичӏого, гьесие щваралда бащадаб кири хъвала», — ян. Цохӏо чамасдак кьуниги, къулчӏизе лъим кьуниги щола гьединабго кири».\nПайда\nКӏал кквеялъул руго гӏемерал пайдабиги. Свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Нужеца кӏал ккве, нужго сахлъизе», — ян.\nХирияб Къуръаналда буго: «Унтарав яги сапаралда вугев чиясе кӏал биччазе ихтияр буго, амма сахлъараб мехалда ялъуни сапаралдаса вуссараб заманалда кӏал бецӏила, ай камурал кӏалазул рикӏкӏен цогидал къояз ккун тӏубазабила», — ян. Кӏал кквеялъ черх тӏадагьлъизабула, Аллагьасе гӏибадат гьабиялде жеги гъира ккезабула ва чиясул пикруги лъикӏго хӏалтӏула.\nСвалат-салам лъеяв Аварагасул хӏадисалда буго: «Алжаналда цо нуцӏа буго, Раян абун жинда цӏар бугеб, жинда жанисан гӏицӏго кӏал ккурал чагӏи гурони алжаналде лъугьунареб. Гьеб нуцӏихъан лъугьарав чиясе Тӏадегӏанав Аллагь вихьизе къотӏиги буго», — ян.\nРамазан ккола сабру гьабиялъул моцӏ. Сабру гьабизе кколеб буго кванде кигӏан хиял лъуниги гьелдаса инкар гьабиялдалъун. Сабруялъухъ шапакъатги алжан ккола.\nЩайтӏаби рахсида рухьаниги, щай гӏадамал гӏасилъулел?\nРамазан бачӏиндал Аварагас (с.т.гӏ.в.) асхӏабзабазда рохел бицунаан ва абулаан: «Нужеде тӏаде бачӏун буго баракатаб моцӏ, жиндилъ кӏал кквезе Аллагьас нужее паризаяблъун гьабураб ва къаси тӏаде рахъун сордо чӏаго гьабизе суннатаблъунги гьабураб. Рамазан моцӏ бачӏарабго алжаналъул каваби рагьула ва жужахӏалъул нуцӏби къала, гьеб моцӏалъ щайтӏабиги рухьуна», — абун.\nРамазан моцӏалъ щайтӏаби рахсида рухьулин абуниги, гьеб моцӏалъ гӏадамаз квешаб гӏамал гьабулеблъиги бихьула нилъеда. Щайха гӏадамаз мунагьал гьарулел, щайтӏаби рахсида рухьараб моцӏалъги?\nГьеб суалалъе жаваб кьезе бегьула имам Аль-Къуртӏубияс «Фатхӏ АльБари» абураб тӏехьалда рехсарал рагӏабаздалъун:\n«Нагагь лъица бугониги абуни: «Рамазан моцӏалъ гӏадамаз квешал ишал щай гьарулел? Щайтӏаби рухьун ратани, гьедин букӏине кколаро», — ян, нижеца жаваб кьела, щайтӏан рикӏкӏад гьабулин, кӏал кквеялъул киналго адабал цӏунарав чиясдаса. Хӏакълъунго, Рамазан моцӏалъ, цогидал моцӏазда дандеккун, бусурбабаз мунагьал дагь гьарула. Киналго щайтӏаби рухьанигицин, квешал ишал гьаричӏого толаро гӏадамаз, щайгурелъул, гьезие зарал гьабулел гӏемерал гӏамалал ругелъул. Гьеб ккола инсанасул напс, квешал гӏадатал, сурукъаб гӏамал ва бищунго жидедаса хӏинкъи бугел гӏадамал-щайтӏаби».\nЩайтӏаби гуребги, нилъ мунагьалде цӏазе гӏемерал гӏиллаби рукӏин бихьулеб буго. Гьезда гьоркьоб бищунго нилъее хӏинкъи бугеблъун ккола нилъерго напс.\nНилъеца яхӏ бахъула хирияб моцӏалъ хӏалкӏванагӏан садакъаби гьаризе, гьоркьоб биччачӏого кӏал кквезе, какал мухӏканго разе. Цо-цо рес бугел гӏадамаз кӏудиял ифтарал тӏоритӏула кӏал ккурал гӏадамазегӏанасеб кири щвезе хьулгун. Рес рекъараз мажгитал къачӏала, республикаялда тӏоритӏулел гур-хӏел-рахӏмуялъул акциязда яги цогидал тадбиразда гӏахьаллъула. Муъминчагӏи Рамазан моцӏалъухъ урхъун ругебгӏан мехалъ, тукенчагӏи жидеего щолеб хайиралъухъ урхъун рукӏунин абула. Тӏубараб моцӏалъ кӏалалги ккун, таравихӏаздеги хьвадун, моцӏрол ахиралда жидецаго ричулел кванил нигӏматазул багьабиги рахинарун, мискинчиясул «щекъер къаялъул» магӏна щиб? Кӏал кквезе байбихьаралдасаго дагь-дагьккун рахинарула багьаби. Ахирисеб кӏиго анкьида жанибин абуни, садакъаде бикьизе босулеб гьуинлъи кӏиго нухалъ хира гьабун батула. Гьединго, пихъ, гьан ва цогидалги нигӏматазулги багьа бахинабула. Капурзабаз нилъер ва жидерго байрамазул хӏурматалдаян абун кӏудиял тукабазда акциял тӏоритӏула, къайи ва нигӏматал учузго ричула. Ни-лъер даранчагӏи щай гӏасилъулел? Исана улкаялъулго экономикаялъе захӏматаб, киса-кирего нигӏматалгун къайи бащдаб багьаялъ хиралъараб заманалдагӏаги, нилъер даранчагӏи гӏадатияб халкъалда гурхӏилин хьул буго.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА, (пайда босана «Адабал» абураб тӏехьалдаса)"}
{"slug": "16806-bekarab-bizhula-gaburab-batula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16806-bekarab-bizhula-gaburab-batula", "title": "Бекьараб – бижула, гьабураб – батула", "date": "2022-04-04 08:10:54", "categories": ["gara"], "text": "Россиялъул ва Белоруссиялъул Хъвадарухъабазул, Композиторазул ва Художниказул союзазул член, Дагъистаналъулгун Чачан республикабазул халкъияв художник, «Горо» абураб дагъистаниязул тӏолгодунялалъулаб жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев, скульптор, шагӏир ва композитор Хизри Асадулаев ккола Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъа. Гьениб лъугӏана школа, цӏалана Джемалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялда (ювелир), Орел шагьаралда лъугӏизабуна художествияб училище (скульптор) ва гьелдаса хадуб (1981 сон) гӏумру гьабун вуго Минск шагьаралда. Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукӏарав гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги ккана нижер.\n— Хизри, нилъер цебеккун лъай-хъвай букӏинчӏо. Жакъа бихьулеб буго мун махсара-хочӏалъул чи вукӏинги…\n— Дида бичӏчӏуларо махсараялъе бакӏ гьечӏеб гӏумру ва магӏишат. Цо-цо мехалда дицаго дидагогицин абула махсараялъе вижун ватилин дун Аллагьасилан абун. Киналдаго тӏаде дун 1 апрелалда гьавунги вугелъул.\n— Амма мун ккун вуго дагьаб батӏияб рахъалде, ай скульпторасул махщалиде. Гьелъие гӏилла щиб ккараб?\n— Гьеб буго чӏванкъотӏун жаваб кьезе лъалареб суал. 4-5 классазда цӏалулаго рекӏелъе бачӏана дун скульпторлъун вукӏине кколин абураб пикру. Дида гьеб мехалъ лъазегицин лъалароан щив чи гьев кколевали ва щиб хӏалтӏи гьес гьабулебали. Дир эбелалъул эмен 1937 соналда репрессиязда гъоркьеги ккун, тӏагӏана. Гьев вукӏун вуго лъикӏав спортсмен, чотӏахъан, кечӏ ахӏулаан, бакънал хъвалаан. Дир эбелги йикӏана махщел бугей гӏадан, ай ретӏел букъулей, халичаби рессулей устар. Гьездаса щвараб батилин ккола дие сурат бахъиялде, кучӏдул хъваялде ва бакъназде рокьи.\n— Дуцаго мун щивлъун рикӏкӏунев – скульпторлъунищ, шагӏирлъунищ ялъуни композиторлъунищ?\n— Дида лъалелъул унго-унгоял шагӏирзаби щал кколелали, дунги шагӏир вугин абизе кинго кӏоларо. Амма дун кутакалда вохарав вуго Расул Хӏамзатовасдаса байбихьун жакъа чӏаго ругезде гӏунтӏун цӏар арал нилъер шагӏирзабазулгун гьудул-гьалмагълъи, лъай-хъвай букӏиналдаса. Гьебго буго машгьурал композиторазул рахъалъги, гьединлъидал дунги вугин композиторин дица абизе ресго гьечӏо. Дица къалмица рахъула суратал (гьеб къагӏида захӏматабги къимат цӏикӏкӏарабги буго), къватӏисел пачалихъаздасаги рукӏуна заказал. Дипломалда ва дир аслияб хӏалтӏуда рекъон дун ккола скульптор, гьел- да цадахъго гьабула художникасул хӏалтӏиги.\n— Скульптор хӏисабалда дуца гьарурал хӏалтӏабазул аслиял, бищун кӏвар бугеллъун кинал рикӏкӏунел?\n— Дун гӏахьаллъана тӏолгосоюзалъулаб анкьго выставкаялда (щивав художникасул анищ букӏуна цоялданиги гӏахьаллъизе, гурони гьев восулароан СССРалъул Художниказул союзалде), гьениб дир лъабго хӏалтӏи бичунги ана (гьел руго музеязда). Москваялда буго, конкурсалда бергьун, гьениб лъураб Россиялъул бахӏарчиясе памятник. Гьенибго буго лъабго барельеф – Мерецковасе, Лагошкиние ва Манаковасе. Руго хӏалтӏаби Минскалда, гьениб буго Совет Союзалъул Бахӏарчи, молдованав Ион Салтысие лъураб памятник (гьеб рагьиялда гӏахьаллъана Молдавиялъул цеве вукӏарав президент Додон ва парламенталъул председатель), буго заказ гьединабго памятник Кишиневалда лъезеги. Болъихъ районалъул бетӏер Мухӏамад Патхӏулаевас лъазабураб конкурсалда рекъон, Владимир Путин гьениве вачӏиналде (2019 сон) Болъихъ рагьизе кколаан Кӏудияб Ватӏанияб рагъда, Афгъанистаналда ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъаразе ва нилъер ополченцазе цадахъаб памятник-монумент. Лъабалго цадахъ цо кьурулъа къватӏире раккулеб ругеб хӏисабалда гьабураб гьеб кӏудияб хӏалтӏи рагьиялда хӏакъикъаталдаги гӏахьаллъана Путин. Аскӏовеги ахӏун, гьес тӏадегӏанаб къимат кьуна памятникалъе, дие кьуна гӏемерал суалал, абуна гьадинаб хӏалтӏи жинда жеги кибго бихьун букӏинчӏин абун. Дицаго абизе рекъон гьечӏониги, балъхъадерил чӏухӏилъун лъугьана гьеб. Исана педуниверситеталдаги лъуна гьелъул гьитӏинаб копия.\n— Дуца кучӏдул хъвалел руго цохӏо кӏаралазул мацӏалда. Кин ккараб хас гьабун гьеб мацӏалда хъвай?\n— Тӏоцебе дие кинго рагьичӏо (кучӏдул хъвалеб хӏисабалда) я гӏурус, я магӏарул мацӏ. Хӏалбихьараб мехалда, цо-цо рагӏи бачӏунарого букӏиналъ лъикӏаб хӏалалда словарал хъирщизе кколаан, гьедин хъвараб жо шигӏру гурин кколаха дида. Жидер заманалда, 50-абилел соназда Машидат Гъайирбеговалъ кӏаралазул мацӏалда хъван букӏун буго чамалиго кечӏ, дие гьел загьирлъана хадур. Кучӏдул хъвазе гъира дир бижана ракӏалдаго гьечӏого, гьеб хиялги бачӏана жанисан гьулчун. Тӏоцебе хъвараб кечӏги букӏана Кӏаратӏа росдал хӏакъалъулъ, гьелда цадахъго ботӏролъе бачӏана бакъанги. Гьедин ккана байбихьи. Дида цадахъго гӏадин Баху-Меседу Расуловалъги хъвана кӏаралазул мацӏалда. Гьанже анцӏила хадув чи вуго гьеб мацӏалда хъвадарулев. Дир асарал гӏурус мацӏалде руссинарула бе- лорусазул машгьурав поэт Анато- лий Аврушиница, гьанжелъизегӏан Минскалда къватӏибе биччана кӏиго тӏехь. Кучӏдул руссинаруна гӏараб, турк, нугъай мацӏазде, магӏарул мацӏалда гьел рахъана «Гьудуллъи» журналалда.\n— Дуца Белоруссиялда бан буго 40-гӏанасеб сон. Гьеб заманалда жаниб мун гӏемер хисанищ ялъу- ни довго Хизрийищ жеги вугев?\n— Дун росулъа къватӏиве вахъа- на 16 сон барабго, гьелде щвезегӏан жеги шагьаралде щварав чиги вукӏинчӏо. Хадуб, киве дун щва- ниги, щиб хӏалтӏуда вугониги, дир рекӏелъ кидаго букӏана ва буго Дагъистан. Цӏунана нилъер мацӏги, гӏадат-гӏамалги, динги. Сагӏудиязул къиралас Минскалдаса ахӏараб къокъаялда цадахъ (туркав, татарав, сириялъулав, дин босарав белорусав ва дун) борхана хӏеж. Хӏакъаб жо, лъикӏабщинаб гӏурусазулги белорусазулги босана, дагьабги лъикӏ лъазабуна гӏурусгун белорус мацӏал.\n— Гьабсагӏаталда кин бугеб доба гӏумру-магӏишат, дагъистанияв вукӏиналъ дуе кинабгӏаги къварилъи бугищ?\n— Бусурбаби дол рукӏаралани доздаса иман щулиял гӏадамал кирго рукӏинароан. Белорусал руго хӏалтӏизе бокьулел, магӏишат гьабизе лъалел, яхӏ-намус, жавабчилъи, сундулъго чӏванкъотӏи бугел, кьураб рагӏи кколел, гьабураб къотӏи тӏубалел гӏадамал. Рикьа-къотӏи абураб жо доба гьечӏо, Лукашенкоца чӏванкъотӏун лъазабухъе, миллатчилъиялъул махӏгицин биччаларо. Белоруссиялъул киналго гражданазул (Хизриги ккола гьеб пачалихъалъул гражданин) руго бащадал ихтиярал.\n— Гӏемерал дагъистаниял ругищ дора, бугищ гьезда гьоркьоб бухьен, рукӏунищ тӏоритӏулел тадбирал?\n— Дова вуго ункъазаргогӏанасев дагъистанияв. Амма нилъеразда гьоркьоб щулияб гъунки, лъикӏал бухьенал гьечӏо. Тӏоритӏулел тадбиразда гӏахьаллъула, бухьеналда вукӏуна гӏага-шагарго 100-120-гӏанасев чи. 2004 соналдаса нахъе, чӏахӏиял залазда, санайил дица гӏуцӏула Расул Хӏамзатовасул литературиялгун музыкалиял вечерал («Ноябрьские Гамзатовские чтения»), тӏоритӏула гьесул кучӏдул цӏалиялъул ва гьесул асаразда рекъон суратал рахъиялъул конкурсал. Тӏоритӏана Махӏмудил, Цӏадаса Хӏамзатил, Батирайил, Ирчи Хъазахъил, Сулейман Стальскиясул ва гь. ц. юбилеял. Гӏалиасхӏаб Хархачаевасул гьариялда рекъон, дица тӏаде босана Россиялъул бахӏарчи, мунагьал чураяв Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировас 60 сон тӏубай кӏодо гьабиялъул тадбир нухда тӏамиялъул иш. Белоруссиялъул МВДялъул академиялда (гьенив цӏалулев вукӏана Гӏадилгерей), тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏана гьелда хурхараб тадбир. Гьелдаса хадуб, академиялъул начальникас загьир гьабуна гьеб академиялъул авалалда Гӏадилгерейие памятник лъунани лъикӏ букӏинин абураб пикру. Гьебги къабул гьабун, къотӏи ккун букӏана гьеб ишалъе нилъер гьанисанги кумек гьабизе. Амма цо-цо гӏиллабаздалъун гьеб щвечӏо. Амма доз рагӏи ккуна ва лъуна Гӏадилгерейил сипат гуреб, гьевги хӏисабалде восун, гьесул прототип хӏисабалъул памятник.\n— «Горо» щиб гӏуцӏи гьеб кко- леб?\n— Гьеб ккола нилъер дова вугев вакилги нусгогӏанасев дагъистани- явги гӏахьаллъун, Дагъистаналъул цо гьитӏинабго бутӏа хӏисабалда гӏуцӏараб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул аслияб мурадги ккола нилъер та- рих, мацӏ, гӏадат-гӏамал, маданият- адабият лъазаби ва цӏуни, гьеб ки- набго белорусазда бихьизаби. Цохӏо дагъистаниял гуребги, гьелда гьор- кьор руго гӏурусалги, белорусалги, украиналги, молдованалги ва цоги- дал миллатазул вакилзабиги.\n— Цо-цояз кутакалда веццу- ла Лукашенко, цогидазул буго тӏубанго батӏияб пикру. Дур ки- наб пикру бугеб?\n— Гьев вуго ккаралъуб рагӏиги батулев, хӏажаталъуб зарги бугев, къвакӏиги кьвариги гӏурав бихьинчи. Дир пикруялда, халкъалъул 60 ва дагьабги цӏикӏкӏун проценталъ ккола гьесул рахъ. «Не червонец чтобы всем нравится» абураб абиги бугелъул, рукӏинарищха гьев вокьуларелги.\n— Нуж мадугьалзабиги ругелъул, ахираб заманалда Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ асар гьабулеб бугищ?\n— Белоруссиялъул экономика Россиялъулалда хурхараб буго, гьединлъидал гьаниб квешго бугони, добаги гьедин букӏуна, гьаниб лъикӏ бугони, добаги лъикӏ букӏуна. Амма руго цо-цо хаслъабиги. Дозул росдал магӏишат буго букӏараб хӏалалда, гӏуцӏун хӏалтӏулеб, бахъараб сурат гӏадин букӏуна сверухълъи, кибниги бихьуларо хӏалтӏизабичӏого рехун тараб авлахъ, бекьичӏеб хур. Хӏажатаб техникаялъул гӏемерисебги доз къватӏибе биччала жидецаго, дагьаб гурони гьечӏо цогидал пачалихъазда бараб жо. Бегула, бекьула, бижула, бакӏарула, кванала, дагьаб гурони рукӏунаро къватӏисел пачалихъаздаса росулел нигӏматал — гьединаб буго дозул къагӏида. Буго хӏалтӏи, руго харжалгун пенсиял, буго парахалъи. Амма кин бугониги, сверухълъиялъ, бугеб ахӏвал-хӏалалъ асар гьабичӏого букӏинищха. Тукабахъ буго щиб бокьаниги, амма дагь-дагьккун рахунел руго багьаби, раккулел руго цогидал масъалабиги.\n— Жакъа нилъ гьанир данделъунги ругелъул, щиб дуца абилеб «Хӏакъикъат» газеталда хурхун?\n— «Хӏакъикъат» буго хӏакъикъаталдаги букӏине кколеб, нилъее чара гьечӏеб ва нилъеца къимат гьабизе тӏадаб газета. Дагьаб цебеги дица подписка гьабулаан гьелъие ва «Дагъправда» газеталъе, амма гьел доре моцӏида жанир кӏиго нухалъ гурони щолароан. Интернет бугелъул гьанже гьеб рахъалъ гӏемерго бигьалъана. Гӏебеде щведал хъирщула, балагьула, цӏалула «чӏагояб» газета. Щиб бицаниги, интернет буго цӏорораб жо, кодоб ккураб газеталъул букӏуна тӏубанго батӏияб тӏагӏам, рекӏелъе бачӏунеб хинлъи…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "16871-ekonomikayal-ulgi-bitsana-kerimovgi-vetstsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16871-ekonomikayal-ulgi-bitsana-kerimovgi-vetstsana", "title": "Экономикаялъулги бицана, Керимовги веццана", "date": "2022-04-07 09:21:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "6 апрелалда Москваялда Россиялъул президент Владимир Путингун дандчӏвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов.\nГьезул хабар ккана гьабсагӏаталда республикаялда бугеб жамгӏиябгун экономикияб ахӏвал-хӏалалда тӏасан.\nМисалалъе, бицана коронавирусалда сверухъ регионалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул, росдал магӏишаталъул, Чӏикӏаб хӏоринисан Махӏачхъалаялдегун Каспийскиялде гьекъолеб лъим бачиналъул, цӏолбохъанлъиялъул, гьединго хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамазе гьабулеб бугеб кумекалъул ва гьеб гуреб цогидалъулги хӏакъалъулъ.\nСергей Меликовас улкаялъул бетӏерасда бицана пандемиялда сверухъ ахӏвал-хӏал гьабсагӏат парахатаб бугин, гьеб унтуда данде вакцина гьабиялъул ишги цӏакъ цебетӏунин республикаялда. Мисалалъе, 90 процент вакцина гьабурал районалги ругин баян кьуна республикаялъул бетӏерас.\nС. Меликовас президентасда абуна, мисалалъе босани, цӏолбохъанлъиялъул рахъалъги чӏел босанин республикаялъ. Гьесул рагӏабазда рекъон, Дагъистаналъул цӏибил гьанже баччула Крымалдегун Севастополалдегицин.\nГьеб дандчӏваялда Владимир Путиница лъикӏаб къимат кьуна олигарх Сулейман Керимовасе, хасго Дербент шагьар цебетӏезабиялъе гьес лъолеб бутӏаялъе.\nА. Юсупов"}
{"slug": "16872-armiyalde-akhiize-vugo-khasab-makhshchalie-kutsarav-chi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16872-armiyalde-akhiize-vugo-khasab-makhshchalie-kutsarav-chi", "title": "Армиялде ахӏизе вуго хасаб махщалие куцарав чи", "date": "2022-04-07 09:24:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб апрелалдаса байбихьун республикаялда унеб буго гӏолохъаби армиялде ахӏиялъул ихдалилаб компания. Исана ракӏалда буго 3000-гӏанасев чи ватӏан цӏунулезул кьерде витӏизе. Гьедин бицана «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул рагъулав комиссар Даитбег Мустӏафаевас. Гъоркьиса хасалихъе рагъулаб хъулухъ тӏубазе ритӏаразде дандеккун гьеб тарих дагьаб бугинги абуна гьес. Гьединго цӏакъ кӏвар бугеб хӏужалъун ккана, армиялде ахӏарал гӏолохъабазул цониги чи Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда гӏахьаллъи гьабизе витӏизе гьечӏин рагъулав комиссарас абиги.\n— 2021 соналъул 1 октябралдаса 31 декабралде щвезегӏан 3000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи витӏана нижеца рагъулаб хъулухъ тӏубазе. Исана унезул къадар гьедигӏанасеб букӏине гьечӏо, гӏага-шагарго 3000 чи. Тӏубараб Россиялдаго хасалихъе букӏараб тарихалде дандеккун, чанго азарго чияс дагьлъана армиялде ритӏулезул къадар. Мисалалъе, улкаялдаса исана ихдал ватӏаналда цебе тӏадаб налъи тӏубазе ине вуго 134000 чи.\nАраб хасалихъе республикаялдаса армиялде ахӏарав 3000-ялдасаги цӏикӏкӏун чиясда гьоркьов 2000 чи вукӏана кинаб бугониги махщел щварав ва гьединго гьоркьохъеб ва тӏадегӏанаб лъай бугел. Исанаги нижеца мугъчӏвай гьабизе буго гьединабго къагӏидаялде. Автомобиль бачине ихтияр кьолеб документ щварал ялъуни цогидаб махщалие куцарав гӏолохъанчи цӏикӏкӏун хӏажат вуго жакъа армиялъе, — йилан абуна Даитбег Мустӏафаевас.\nНилъер республикаялдаса армиялде ахӏарал гӏолохъабаз хъулухъ тӏубазе буго улкаялъул киналгоязде гӏагарун рагъулал частазда. Мисалалъе, гьел кколин Росгвардиялъул, МЧСалъул ва цогидалги рагъулаб аскаралъул бутӏабиян бицана гьес.\nДаитбег Мустӏафаевасул рагӏабазда рекъон, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, щибаб шагьаралда ва гьединго муниципалитеталда гӏуцӏун руго армиялде гӏолохъаби ахӏиялъул комиссиял. Гьезда гъорлъ вукӏине вуго 10 жамгӏияв хӏаракатчиги. Рагъулаб хъулухъ тӏубазе гӏолохъаби ритӏиялъул тадбир букӏине бугин киназего рагьараб, гьединлъидал армиялде вас унел эбел-инсул, гьединго гӏага-божаразулги изну бугин гьел комиссиязда гъорлъ гӏахьаллъи гьабизеян абуна рагъулав комиссарас.\n— Мисалалъе, армиялде ахӏарав гӏолохъанчиясул живго гӏумру гьабун вугеб мухъалъул рагъулаб комиссариаталда хурхун кинаб бугониги суал баккани, гьесул ихтияр буго республикаялъул гӏолохъаби армиялде ритӏулеб комиссиялде гӏарза хъвазе. Гьеб комиссиялъе нухмалъи гьабулеб буго Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьенибе бачӏараб цониги гӏарзаялъул хал гьабичӏого тезе гьечӏо, — ян абуна Д. Мустӏафаевас.\nУлбузул ракӏ бохизабулеб хабар\nАрмиялде гӏолохъаби ахӏулел киналго пунктал хӏажатабщиналдалъун хьезарун ругин бицана гьес. Щивав гӏолохъанчиясул хал гьабизе буго коронавирусалъул инфекция гьесде щун бугищ яги гьечӏищали. Гьединго гьев хьезавизе вуго рагъулаб ратӏлидалъун ва нухда кодоб хӏажатаб квен-тӏехалдалъун.\n— Хас гьабун дие жакъа абизе бокьун буго, исана ихдал республикаялдаса армиялде ахӏулел гӏолилазул цониги чи витӏизе гьечӏо Луганскиялда, Донецкиялда ва гьединго Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьалъизе. Армиялде ине гӏураб ригьалде вахарав вас рокъов вугей эбелалъе гьабсагӏат батулеб ургъел дида лъала. Гьединал улбузул ракӏ гӏодобе биччазе, цоги нухалда такрар гьабулеб буго, рагъулаб хъулухъ тӏубазе ахӏарал гӏолилал гьенире ритӏизе гьечӏо. Гьединго гьенире ритӏизе гьечӏо армиялда хъулухъги тӏубан (запасалда — авт.) рокъор ругел чагӏиги.\nУкраинаялда гьабсагӏат руго гӏицӏго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубалел чагӏи, — ян абуна Мустӏафаевас.\nКин бугониги, гьеб суал кӏиабизеги борхизе ккана гьес пресс-конференциялда. Дагъистаналдаса армиялде ахӏарал гӏолохъаби Украинаялде ритӏун ругилан хабар баккун букӏанин, гьеб уяб жо букӏанищан цӏехана рагъулав комиссарасда «Дагестанская правда» газеталъул журналистас.\nЖиндихъе гьединал баянал щвечӏин, духъ мухӏканал, кьучӏал баянал ратани, гьел жиндаги рихьизареян жаваб кьуна Даитбег Мустӏафаевас.\n— У, букӏана хабар Украинаялде гьединал гӏолохъаби ритӏун ругилан. Амма хас гьабун нилъер респубикаялдаса рукӏанин гьелин букӏинчӏо гьениб хъван. Югалъулаб федералияб округалда рагъулаб хъулухъ тӏубалел гӏолохъаби, командирзабазул тасамахӏлъи сабаблъун ккун ратана гьенире (Украинаялде). Гьеб хӏужаялда сверухъ хӏалтӏи гьабуна ва гӏайиб ккаразе гӏадлуги гьабизе батила, — ян абуна рагъулав комиссарас.\nЖидеего бокьун Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялде ине бокьарал чагӏи гӏемер ругищилан гьикъана гьесда пресс-конференциялда.\n— Гьединал чагӏи гӏезегӏан руго, амма гьелъул магӏна кколаро бокьанщинав чи гьениве витӏулин абураб. Тӏаса рищун, хасаб комиссияги гӏуцӏун, халги гьабун гурони гьениве чи витӏуларо. Хӏал гьабунги гьениве щивго витӏуларо. Бокьун батани чиясе дунялалъе хӏинкъи бугел нацисталгун къеркьезе, гьесие нух рагьараб буго. Вачӏа военкоматалдеги, бихьизабе дурго хӏадурлъиги. Комиссиялъ халги гьабун гьев ритӏухъ гьавуни, кӏиго-лъабго къоялда жанив гьев витӏула жиндиего ине бокьараб бакӏалде. Амма цоги нухалъ абила, цевеккарав чи гьениве витӏуларо, — ян абуна рагъулав коммиссарас.\nУкраинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса, армиялдаса лъутанхъизе бокьарал гӏолохъаби цӏикӏкӏанищиланги гьикъана журналистаз гьесда.\n— Лъутанхъулезул къадар цӏикӏкӏинчӏо, армиялде гӏолохъаби ахӏиялъул тадбир гьанжего гьанжелъидал байбихьараб. Дида ккола лъутарухъаби гӏемерал рукӏинарилан. Нилъер гьедин хехго яхӏ рехулел, ккараб къо борхуларел гӏолохъаби гьечӏо. Рагъулаб хъулухъ тӏубазе ине бокьарал чагӏи гӏемер руго республикаялда, — ян абуна ДРялъул рагъулав комиссарас.\nГӏолохъабазулъ иман буголъи лъалаго цӏикӏкӏана\nЧанго соналъ цебеги гӏемер ахӏи-хӏур бахъарал хӏужаби рукӏана, рагъулаб хъулухъ тӏубазе арал бакӏазда нилъер гӏолохъабаз рекъечӏел ишал гьариялъул. Жидедасаго загӏипал, данде квер борхизе кӏоларел гӏолилал инжит гьариялъул бицунел гӏемерал хӏужаби рукӏана социалиял гьиназда. Гьелъул рахъалъ гьабсагӏаталда иш кин бугебин гьикъидал, Даитбег Мустӏафаевас гьадинаб жаваб кьуна:\n— Цебе букӏаралде дандеккун гӏемерго лъикӏ буго. Нилъер гӏолохъабаз хъулухъ гьабулел бакӏаздаса командирзабаз рачӏунел кагъталги лъикӏал, цебеялда дандеккун гьел разиял руго. Бахчиларо, камулел гьечӏо цо-цо тӏасан рорчӏарал хӏужабиги. Кверда килщалги ращадал гьечӏелъул, кинабго рахъ тӏокӏкӏарал гӏолохъаби рукӏунарелго гӏадин, камулел гьечӏо эбел-инсул гӏадлу щвечӏел цо-цо гӏолилалги. Амма гьединал дагь руго.\nТӏаса рищун, хасаб махщалие куцарал, автомобиль бачине лъалел ва тӏадегӏанаб лъай бугел гӏолохъаби гурони армиялде ахӏулел гьечӏелдаса чанго сон буго нилъер республикаялда. Сундениги махщел гьечӏев, «хӏокӏ гӏадин вакъварав» игит гӏемерисеб нухалъ нахъчӏвалев вуго рагъулаб комиссариаталъ. Гьединаб къагӏида хӏалтӏизаби кигӏанасеб къадаралъин битӏараблъун батарабин гьикъана журналистаз Д. Мустӏафаевасда.\n— Гьеб къагӏидаялъ бачӏинахъего бихьизабуна жиб ритӏухъаб букӏин. Щайин абуни, жакъасеб Россиялъул армия буго цӏиял технологияздаса гӏуцӏараб, гьениб буго гӏемераб цӏияб техника. Гьелъул цӏикӏкӏарасеб бутӏа буго бичӏчӏизе захӏматаб, лъикӏаб лъайги гьунарги къваригӏунеб. Гьединлъидал жакъасеб армиялда вукӏине ккола тӏадегӏанаб лъайги бугев, автомобильги бачине лъалев, ругъунги бухьун бажарулев, хӏасил-калам — бокьараб махщалие ярагьунев солдат хӏажат вуго Россиялъул армиялъе. Гьеб гӏиллаялдалъун букӏана цӏалун рахъарал гӏолохъаби гурони армиялде ахӏулел рукӏинчӏеб, — ин абуна республикаялъул рагъулав комиссарас.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16873-fondgi-rogiralgi-48-mln-g-urushchgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16873-fondgi-rogiralgi-48-mln-g-urushchgi", "title": "Фондги, рогӏралги, 48 млн гъурущги", "date": "2022-04-07 09:29:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда тӏобитӏараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда Сергей Меликовас бицана Украинаялда хасаб операциялда къварилъи ккарал, гӏумруялдаса ратӏалъарал дагъистаниязул хъизаназе кумекалъе хасаб фонд гӏуцӏулеб букӏиналъул (чӏварал рагъухъабазул хъизамазе 1 млн гъурущ кьолеб буго), ДНРалдегун ЛНРалде гуманитарияб кумек (800 тонна) битӏиялъул хӏакъалъулъ.\nГьединго МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовас баян кьуна гьабсагӏаталда республикаялда такъсирал рагьиялъул иш, Россиялъул цогидал регионазда дандеккун, чанго нухалда цӏикӏкӏун бугилан.\nИзбербаш шагьаралъул мэр Мухӏамад Гӏисакъовас бицана гьекъолеб лъел къварилъи букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьединго рорхана батӏи-батӏиял суалалги.\nАмма аслияблъун букӏана С. Меликовасул доклад. Масала, республикаялда социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезабизе гӏуцӏараб программаялъул бицунаго, гьес тӏадчӏей гьабуна промышленносталда.\nМеликовасул рагӏабазда рекъон, цӏикӏкӏун буго улка цӏуна-къаялъе къваригӏунеб къайи-цӏа, энергия хӏадури, Махӏачхъалаялдагун Буйнакскиялда рагьун руго хьитал гьарулел фабрикал. 10 предприятиялъе кьун буго 50-гӏан млн гъурщил къадаралда субсидиял.\nПачалихъалъ кумек гьабун буго республикаялда индустриалиял паркал рагьизеги. Лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун гектаралда рагьараб гьединаб анлъго парк буго гьабсагӏат республикаялда. Гьез кьун руго 600 млн гъурщил къадаралда налогалги.\nМеликовас бицана газалъул масъалабазул хӏакъалъулъги. Масала, гӏезегӏан хӏалтӏи гьабун буго лъицаго милатги гьабичӏого рехун тун рукӏарал газалъул рогӏрал рукӏалиде рачиналъе. Гьедин кадастралъул сияхӏалда лъун руго 1,5 азарго км халалъиялда ругел рогӏрал. «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъухъе ижараялъе кьун руго республикаялъул бетӏергьанлъиялда ругел 4,5 азарго км халалъиялъул газалъул рогӏрал.\n«100 школа» абураб проекталда рекъон, гъоркьиса 31 муниципалитеталда къачӏан буго 105 школа.\nБакӏалъул инициативабазда хурхараб проект сабаблъун, 300 млн гъурущ харж гьабуна 27 районалдаги ункъо шагьаралдаги инфраструктура лъикӏлъизабиялда тӏад.\nСоциалиябгун экономикияб рахъалъ мугӏрузул росаби церетӏезаризелъун гӏуцӏараб программаялъул мурадалда, пачалихъалъ 48 млн гъурщил кумек гьабуна 152 чиясе (жидеца гьарурал харжазухъ рецӏалие гӏарац кьеян гӏарзаби хъван руго гьез хасал идарабазде).\nХадубги Сергей Меликовас бицана ресукъазегун лъимал гӏемерал хъизамазе гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ.\nДагъистан уна хӏалтӏиги гьечӏого хутӏарал гӏадамал гӏемераб анцӏго регионалда гъорлъе. Амма пачалихъалъ ресал ратулел руго гьединал гӏадамазе цогидаб рахъалъниги квербакъи гьабизе, гьединго лъимал гӏемерал хъизамаздехун хасаб бербалагьи бихьизабизе. Щуабилебги хадусебги лъимер бугеб 1,8 азарго хъизамалъе ва ресукъав 7,7 азарго чиясе гӏаммаб куцалда 870 млн гъурущ щун буго гъоркьиса пачалихъалъухъа.\nЦинги Меликовасул ирга щвана шагьранухазде.\n«Кавказ» федералияб шагьранух хӏинкъи гьечӏеблъунги санагӏатаблъунги гьабизелъун гьеб къачӏазе бокьун букӏин загьир гьабун букӏана С. Меликовас улкаялъул президент Владимир Путинилгун букӏараб дандчӏваялда. Гьелъул хӏасилалда исана цӏидасан къачӏазе байбихьана 73 км халалъиялда бугеб ункъо батӏияб нух. Ункъо кьер гьабун транспорт унеб куцалда гӏатӏилъизаризеги руго гьел. Хасавюрт, Дербент, Махӏачхъала шагьарал сверун шагьранухалги рахъизе руго исана.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "16877-sakhl-i-tsiuniyal-ul-k-ebel-ukh-barab-bashchdab-k-o", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16877-sakhl-i-tsiuniyal-ul-k-ebel-ukh-barab-bashchdab-k-o", "title": "Сахлъи цӏуниялъул къебелъухъ бараб бащдаб къо", "date": "2022-04-07 09:39:19", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Тӏоцебесеб апрелалда республикаялъул СМИязул вакилзаби гьоболлъухъ ахӏун рукӏана Башларовасул цӏаралда бугеб медицинаялъул колледжалъ. Гьайгьай, гьелъул хӏакъалъулъ гӏезегӏан бицунеб рагӏун букӏана. Рагӏун букӏана колледжалда студентазе лъикӏаб лъай щолеб букӏиналъулги.\nЩуго шагьаралда рагьараб вакиллъи ва колледжалъул тӏоцересел галаби\nКъалъуда щвана тахшагьаралъул Амет-Хан Султӏанил къотӏноб бугеб колледжалъул минаялда цеве. Редакциялъул машинаялдаса рещтӏунаго, дарсалги лъугӏун къватӏире рачӏунел студентазул кӏудияб къокъа данде ккана рагьдухъ. Хӏурматиял гьалбал рачӏунел ругел кинниги, колледжалъул минаялъул нуцӏаги жанахӏги бугоан кьер-кьерал шараз къачӏан. Жаниве щун вахъиналде данде вачӏарав гӏолохъанчияс дун вачана тӏасияб тӏалаялде, гьенир балагьун чӏарал чагӏи ругинги абун.\nТӏасияб тӏалаялда бугоан колледжалъул директор Руслан Мамаевасул кабинет. Гӏатӏидаб столалда нахъа жеги лъабго-ункъониги журналистги вугоан. Дагь-дагьккун рачӏун, киназго столалда нахъа рукӏарал бакӏал цӏезаруна.\nРуслан Мамаевас бицана щиб гьабизе журналистал ракӏарун ругелали. Колледжалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, студенталги рихьизе, щиб гьабулел чагӏи жалгоялиги бицине ахӏун ругоан гьез ниж.\n— Гъоркьиса 10 сон тӏубана нижер колледжалъ, — ин бицана Р. Мамаевас. — Байбихьуда цохӏо Махӏачхъалаялда чӏей гьабун рукӏарал нижер жакъа щуго шагьаралда буго вакиллъи. Гъизляр, Хасавюрт, Избербаш, Каспийск ва Дербенталда филиалал рагьана. Гьенир ругелги малъун, жакъа колледжалда цӏалулев вуго 5000 чи. (Махӏачхъалаялда – 3000). Гьезие гӏуцӏун руго киналго шартӏалги.\nКолледжалда щола ункъо батӏияб махщел – медицинаялъул кӏудияй ва гьитӏинай сестра, акушерал, фельдшерал ва цаби-гӏусал къачӏалев техник.\nМахщалил балъголъабазе рагьараб нуцӏа\nЧайдул цо-цо стаканги гьекъон, гьанже нилъ колледжалъулгун лъай-хъвай гьабизе рахъун лъикӏ гурищинги абун, азбаралъуве къокъана директор.\nКолледжалъул цӏалул минаялдаго цун буго бечедаб къагӏидаялъ къачӏараб медицинаялъул центр. Тӏоцебе цӏалул цохӏо мина гурони букӏун гьечӏо гьениб, гьанжегӏагар цогидабги бан буго.\nКолледжалда цӏалулел студентал махщалиде ругьунлъизе киналго шартӏалги гӏуцӏун руго гьенир. Анцӏ-анцӏ миллион гъурущги харж гьабун, хирияб къайи-цӏаги жаниб лъун гӏуцӏарал модулалъул рукъзал рихьизаруна гьез нижеда.\nЖанахӏалъуре щведал: «Ассаламу гӏалайкум, хӏурматиял гьалбал. Лъикӏ щварал нижер колледжалде. Жакъа нижер цӏалдохъабаз нужее хӏадурун буго бечедаб программа, — янги абулаго, нижеда дандчӏвай гьабуна ункъабилеб курсалъул студент Ибрагьимов Расулица. — Тӏоцебесеб иргаялда, нижее бокьун буго медицинаялъул сестраялъ махщалил балъголъабазул цо рахъ нужее рагьизе».\nГьелъул хӏакъалъулъ бицине лъабабилеб курсалъул студентка — Басирова Райгьанатги йихьизаюна гьес. Унтарасда укол гьабулеб куцалъул ва укол гьабилалде рукӏкӏен хӏунсизе бугеб бакӏ къачӏазе кколеб куц рагӏа-ракьанде щун бицана гьелъ. Бицунеб букӏана сабураб, рекӏелъе лъугьунеб каламалъ.\nТӏаде балагьун гӏадатиябин кканиги, гӏезегӏан махщел хӏажалъулеб иш батана укол гьабиги. Гӏумруялъ гьеб ишалда нахъа йигей кинниги, йиххичӏого, хӏинкъичӏого бицунеб букӏана Райгьанатица жиндирго махщалил хӏакъалъулъ.\nХадур ниж рачана хирургасул тӏагӏелалги цере тӏиритӏун, тохтурасул халгӏатги ретӏун, кӏвар кьун эхетарав гӏолохъанчиясда аскӏоре. Тохтурасе хӏажалъулеб анцӏгониги алат букӏана, ххамида тӏад, цебе тӏибитӏун. Хирургасул нус, лъабго батӏияб гъецӏ, цоги дида гӏумруялъ бихьун букӏинчӏебги медицинаялъул алатал. Бицана щибаб алаталда цӏар, щиб бакӏалда ва кида гьеб хӏалтӏизабулебали. Бицана гъваридаб ругъун кин къачӏалебали, къотӏараб бакӏалдаса речӏчӏарулеб би кин къотӏизабулебали, тӏоцересел минутаз кинаб кумек унтарасе гьабизе кколебали.\nГьес бицанщиналъул бащдабги ракӏалда чӏечӏо. Дир гӏакълуялъ босун бажарулебгӏанасеб къадар букӏинчӏо хаду-цебе гъезабун гьес бицунеб гӏелмуялда жаниб. Бокьа-бокьарав чияс босулеб гӏелмуги гьеб гуро, гьелъие тӏабигӏаталъго кьураб пагьмуги, Аллагьас рекӏелъ бижизабураб къасдги букӏине кколеб батила. Гьеб ният-къасдалдаги божун, тӏаса вичӏичӏого цӏалани, вахъунев ватила чиясул лъикӏав тохтур. Гьединал пикрабаз кверде восун вукӏаго, цогидаб столалде нахъе рачана ниж.\nЦаби-гӏусазул сураталда рекъон гьабураб чанго гъалип бугоан гьениб. Гьезда нахъа эхетун вукӏана хӏалакъавго гӏолохъанчи. Амма вихьизе гьитӏинав вукӏаниги, жиндирго гӏелму тӏокӏкӏун лъалеб бугоан гьесда. Гьединго гьев гӏахьаллъун вуго гъоркьиса Москваялда букӏараб WorldSkills Russia-2021 къецазда ва гьениб меседил медальги щун буго гьесие.\nЦаби-гӏусазул гӏуцӏиялъул, гьел сах гьарулеб куцалъул ва цӏиял цаби лъезе гъалип кин бахъулебали бицана гьес. Хӏатта щибаб къоялъ цаби кин чуризе кколебалицин бихьизабуна.\nУнкъабилеб столалда нахъа йикӏана акушеразул махщалие цӏалулей яс. Лъимер гьабизе мех щварай гӏаданалъе тохтурзабаз гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ бицана гьелъги.\nМедицинаялъул централда руго цӏалдохъаби махщалие ругьун гьарулел рукъзалги. Гьениреги рачана ниж, бихьизабуна щибаб рокъоб бугеб медицинаялъулаб къайи-цӏа.\nРакӏрагьараб гара-чӏвари ва тадбиралъул бищун тӏагӏамаб бутӏа\nКъокъго абуни, цӏализе жидехъе вачӏарав чи, камилаб лъай щвечӏого нахъе унаревлъи бичӏчӏизабизе бокьун букӏана колледжалъул нухмалъиялъе. Гьелъул хӏакъалъулъ гьез бицана экскурсиялдаса хадуб конференц-залалда тӏобитӏараб пресс-конференциялдаги.\nЖурналистаз гьикъана цӏализе рачӏунел судентазул къадаралъулги, гьезие рега-рахъине ругел санагӏалъабазулги хӏакъалъулъ. Гьединго цӏехана хас гьабун Башларовасул цӏар щай колледжалъе кьурабиланги.\n— Гьев вукӏана тумав, динияв хӏаракатчи, амма гьелдаго цадахъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна республикаялда медицина цебетӏеялъе. Гьесул бечедаб биографиялъ ва хӏаракатчилъиялъ асар гьабурал нижер пикру ккана колледжалъе гьесул цӏар кьезе, — ян бицана Мамаевас.\nКолледж рагьун тӏоцересел соназ абулеб букӏана гьениб студентазе лъикӏаб лъай щолеб рагӏуларин ва гьеб лъугӏун хадуб хӏалтӏизе бакӏ щвезеги захӏмалъулеб бугин абун.\n— Нижедаги лъала, букӏана гьединаб хабар. Амма жакъа иш гьедин гьечӏо. Колледжалде цӏализе лъугьунезул сияхӏ кӏудияб буго. Реццарулеб мех гуро, амма нужеего бицун телин, жакъа нуж гьанире рачӏиналде цебе, рикӏкӏадаб росулъа вахъарав вачӏана цо херав чи, жиндир яс колледжалде цӏализе йосаралъухъ баркала кьезелъун. Кӏиябго квералъ дир кверги босун, ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьес. Гьединал мисалалги рукӏаго, хашаб, нахъе ккараб цӏалул идара бугин нижерин абизе гӏилла дида батулеб гьечӏо. Колледж лъугӏарал гӏолилал хӏалтӏи гьечӏогоги хутӏуларо, хӏатта Ростовалдасацин буго нижехъе исана заказ, щуго чи къваригӏун вугин жидее абун. Ракӏалде ккола гьединал заказал хадуркун дагьалги цӏикӏкӏинин. Ниж гьелъие хӏалтӏулел руго, — ян бицана Руслан Мамаевас.\nХабаралдаса хинкӏал лъикӏин гӏадада абунги гьечӏелъул, гьанже нилъ кванил тепсиялде нахъе рилълъун лъикӏ гурищилан, нахъеги жиндирго кабинеталде рачана директорас гьалбал.\nБухӏилаго, хинлъилаго бугеб кванил гъудрул нижехъе раччизе берцинал ясазул къокъаги лъугьана. Столалда камураб нигӏматги букӏинчӏо. Бицунеб аваданаб хабарги, тӏагӏамалда кунеб магӏарул квенги, цоцазе гьабулеб махсараги — цӏакъ магӏарулазе хасиятаб гьава-бакъ лъугьана столалда нахъа. Нижее цӏакъ рекӏее гӏуна медицинаялъул колледжалъ гьабураб гьоболлъи. Тӏаде щолеб кӏалкколеб моцӏалда цебе гьадинаб гьарзаяб, ракӏ разияб тадбирги гӏодобчӏейги щвелин хьулцин букӏинчӏилан, разиго рукӏана цогидал редакциялдаса хӏалтӏухъабиги. Гьез абуралда тӏад разилъун гурони, батӏияб пикру бачӏинчӏо дир ботӏролъеги…\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "16880-rosdae-vasgi-ulkayal-e-chigi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16880-rosdae-vasgi-ulkayal-e-chigi", "title": "Росдае васги улкаялъе чиги", "date": "2022-04-07 09:59:24", "categories": ["insan"], "text": "Лъикӏго лъалев чиясул хӏакъалъулъ бицинеги хъвазеги бигьагоги букӏуна, гьебго заманалда захӏматги букӏуна. Гьединаб асаралъул асирлъуде ккана дун Сайгидпаша Гӏумахановасулгун гара-чӏвари гьабидал. Дагьабищха гьесул хӏакъалъулъ Дагъистаналъул ва Россиялъул СМИяз хъвараб. Дирго къалмикьанги гьесул гӏумруялъул ва политикияб хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ бицарал макъалаби дагьал инчӏо.\nСайгидпашалги лъимерлъи лъилалдаго релълъинчӏеб, гӏицӏго жиндиего хасиятаб букӏана. Кӏудияб хъизан букӏиналъ, балугълъиялде вахиналдего щвана гӏумруялъул дарс. Цоги вацал-яцаздего гӏадин, рукъалъул тӏалаб-агьазалъул раччиги гьитӏинго бегана гьесул гъуждузде. Кӏудияв инсуца малъана гӏараб гӏелмуги.\nТӏолалго лъималазулго гӏадин, балугълъиялъул завалалда вугев Гӏумахановасул къасд букӏана гугарухъанлъун вахъине. Рухӏдаллъулаан чӏахӏиязул гугаризе бугеб махщалихъ балагьун. Школалда жанисел турниразда чӏел босизе бугеб хӏасраталъ вухӏулев вукӏунаан гьев. Гӏемер кватӏичӏого «Спартакалда» цебе бугеб олимпиялъулаб резервабазул клубалде хьвадана.\n— Дие битӏ ккана тренер Мухӏамад Хӏусеновасда цеве ккеялъ, — ан ракӏалде щвезабула Сайгидпашаца.\nКӏудияб асар гьабулеб буго Сайгидпашае магӏарулазул бечедаб тарихалъ. Гьеб хазина хадусел гӏелазе ясбер гӏадин цӏунизе кколин нилъецайилан абула гьес.\nСайгидпашахъа бажарана заманаялъ гьесухъе кьураб чоде вахине. Гьесул сухъмахъазда рукӏана гӏемерал гохӏал-щобалги кӏкӏалалги, амма гьесда кӏвана нухги кквезе, чодаги вукӏине.\nГьев гӏицӏго жиндаго релълъаравлъун вукӏана ва хутӏулевги вуго. Лъимерлъиялъул нухда дандчӏваравги къисматалъ данде вачаравги гьес агъаз-сан гьабичӏого рехун толаро. Росдае васлъунги вуго, улкаялъе чилъунги вуго. Гьеб кӏиябго раччи гьесул кӏигъуждузда, магӏаруласул черхалда ханжар-рачел кинигин, рекъонги буго.\nГӏадатияв чиясдехун гьумер битӏун кӏалъалев ва гьесул къварилъиги рохелги рекӏелъан биччалев, тӏалъиялда вугев чиясулгун гара-чӏвари гьабулелъул, хасго жакъа заманаялъ асар гьабичӏого хутӏуларо.\n«Дида дун лъалез даим гьикъула щиб цӏияб хабарилан. Дица жаваб гьабула лъикӏаб хабар гьечӏин, квешалъул бицинеги бокьун гьечӏин. Харбал гӏемерлъун руго Дагъистаналда. Иргадулаб казият кодобе босизе хӏинкъула дун», — ан вукӏунаан мунагьал чураяв Расул Хӏамзатов.\nАхӏулгохӏда ккарал камияздаги къварилъиялдаги хадуб Имаматалъул ишалда аскӏоб икъбалги талихӏги бижизе букӏиналда ракӏчӏарав Шамил Чачаналдехун балагьун унев вукӏана. Харибакӏалда гӏодов вегарав цо чиясде тӏаде ккола муридзабаздаса ратӏатӏун цере унел рукӏарал Шамилги Юнусги. Жиндирго хӏакъалъулъ гӏадамазул щиб пикру бугебали лъазе бокьун букӏана имамасе. Вецарухъан макьидаса ворчӏана.\n— Ахӏулгохӏда щиб хӏал бугеб? — ан гьикъана гьес, гьалбал киса рачӏунелали лъараб мехалъ.\n— Ахӏулгохӏги бахъун буго, муридзабиги цоял чӏван, цогидал кверде росун руго, — ян жаваб кьуна гьесие.\n— Шамил кивха вугев? — ан гьикъана нахъеги чачанас.\n— Чӏвана, — ян абуна гьесда.\nГьесда сири бана, кьер тӏуна ва синкъиялда гӏодизе лъугьана. Хадур рачӏунел муридзабаздехун ракӏбакъварав гьес абуна:\n— Гьанже нилъ нилъерго Шамилги гьечӏого хутӏанаха, – ян.\n— Хвечӏо. Шамил чӏаго вуго, — ян бицана гьесда. — Дуда гьев вихьун ватизе вуго. Дол цере аразул цояв гьев ккола.\nКӏитӏелеб хӏалалъ гьезда хадув гъезе векерун ана чачанав. Сородулаго накабазда хурхун гьев вачӏараб мехалъ, имамасда магӏу кквезе кӏвечӏо. Лъазего лъаларев, гьелда тӏадеги батӏияб миллаталъул чи гьес, ракӏ-ракӏалъ къвалги бан, каранде къана.\n— Имаматалъул улкаялдаги камун рукӏинчӏо мацӏихъабиги магӏихъабиги. Гьединаз щиб бицунеб бугебали лъазелъун Шамилица сверухълъиялда гьикъулеб букӏун буго корохъ руччабаз щиб бицунеб бугебилан. Дагъистан битӏахъего унтун буго абуна-бицанабазги, кьучӏ гьечӏел харбазги. Рес букӏунаро цоги-кӏигоги къоялъ Сайгидпаша къватӏиве сапаралъ ине, нусго батӏияб хабар бижизабула гьасда сверухъ. Амма дагъистаниязе кидаго хасиятаб буго къадруги чӏухӏиги. Дица хӏурмат гьабула законалъул, гьабизеги буго. Амма гьеб хвезабулел, Дагъистан кӏочарал кӏигьумерчагӏазул лъалкӏда хадуб хъахӏилаб цӏа свинеги тезе гьечӏо, Аллагьасул кумекалдалъун. Гьезул жидерго черхалда цӏа рекӏун буго, ва гьел дикьа хӏинкъулел руго. Гьезда лъала гӏадатияб халкъалъ дир рахъ кквезе букӏин. Гьел хӏинкъучал рукӏана ва гьеллъун хутӏулел руго. Гьезие гӏицӏго кверщел буго къваригӏараб жо. Дунялалъул рокъов вижичӏо бокьарабги щварав, щваралда гӏейги гьабурав чи. Амма гьезда гьеб рагӏул магӏна лъаларо, — ян бицана Гӏумахановас.\nНилъер халкъалъ кидаго рахъ ккола миллат батӏа гьабичӏого, гьумер битӏун рагӏи абулев, гӏакъилав, гӏадилав чиясул. Гьединавлъун гӏемерисезда вихьула С. Гӏумаханов.\nЦебеккун Хасавюрталда миллатчилъиялъги бикьа-къотӏиялъги тӏалъи босун букӏана. Абизе ккола гьезул мурадал цӏияб администрациялъ кӏалагъоркье чӏвазарунилан.\nХӏакъикъаталдаги, дагъистаниязе цебего заман щун буго миллатчилъиялъулги бикьа-къотӏиялъулги хьуцӏилъа къватӏире рахъине. Кидаялиго жамагӏаталъул къадруяв чиясде къабихӏаб рагӏи абуни ханжар лъалиниса къватӏибе цӏалел рукӏарал умумузул лъимал жидерго напсалъул мурадазе гӏоло рортанхъулел руго. Букӏанищха гьединаб къагӏида хасиятаб нилъер цебесеб гӏелалъе? Букӏинчӏо. Дагъистаналъул тӏалъиялда ругезе вокьулев гьечӏо ритӏухъаб рагӏи бугев чи. Гьелъги батила, Сайгидпаша Гӏумахановасде кисанго тӏадецуй гьабулеб букӏараб.\nХасавюрт буго гьитӏинаб Дагъистан гӏадинаб бакӏ. Гӏемерисеб мехаль гьениб бугеб геополитикияб хӏалалда бараблъун хутӏула Чачаналъул гӏорхъоде къарал районазул гуребги, тӏолабго республикаялъулго халкъалъул парахалъиги гӏодобе биччайги.\n— Копоего гӏадин чӏвалел руго Дагъистаналъул бищунго гьайбатал васал. Интеллигенциялдасан байбихьун гӏадатиял гӏадамазде гӏунтӏун, гӏужие росун руго пикру гьабулелщинал чагӏи. Квеш ккараб жо буго, Ватӏаналъул тӏалаб жидерго напсалдаса цебе кколел нилъер гӏадамал гьединаб ишалде ругьунлъун рукӏин, — ян абуна Сайгидпашаца.\nЛъил гӏайибалдалъунха гьеб кколеб бугеб?\nДагъистаналъул халкъалда лъала ва бихьула лъил гӏайибалдалъун гьел чӏвай-хъвеял кколел ругелали ва щай гьел такъсирал рагьулел гьечӏелали.\nГъутабазул кӏалтӏу, мугӏрузул каву,\nКавказалъул цагъур, цогояб хъизан.\nГьедин абун букӏана аваразул поэт М. Гунашевас, Хасавюрталъул юбилей баркулаго, жиндирго цо кочӏолъ. Ракӏалде ккола гьеб кӏиго мухъилъ 400 гьумер бугеб тӏехьалъе гӏураб магӏна бугилан. Щайгурелъул, 60 сон гурони бачӏеб, жеги гӏолохъанаб шагьар букӏаниги, Хасавюрт шагьаралъги районалъги Дагъистаналъул тарихалда жаниб кӏудияб бакӏ кколелъул. Гӏадада гурелъул гьелда «гьитӏинаб Дагъистанин» абулебги. Гьеб буго халкъалъул къадаралде балагьун гуребги, миллатазул кьеразде ва рикӏкӏеналде балагьунги нилъер республикаялда бищун кӏудияб ва жавабияб регион. Социалиябги, экономикиябги, культуриябги рахъалъ гьелъул букӏинесеб тӏубанго бараб буго гьелъие нухмалъи гьабулел гӏадамазул бажариялда, гӏакъиллъиялда, гьунаралда, жигаралда ва ритӏухълъиялда.\nХасавюрталда гӏурав, гьелъул гӏумругун цолъичӏеб сордо-къо букӏинчӏев, пашманлъиялъулъги рохалилъги, къо ккараб бакӏалда рачел къарав, шагьаралъул гӏадамазул парахатаб, хӏинкъи гьечӏеб букӏинеселъе гӏоло сундасаго нахъе къаларев Сайгидпашал хӏаракат рекӏее гӏоларо гӏадлу-низам щулалъизабизе бокьичӏезе, жидерго хасал мурадал цере гьарулезе.\n— Хӏисаб гьабураб мехалда, щивасда рекъезабулеб тӏабигӏат Бетӏергьанас дие кьечӏеб куц буго. Бигьаго чиясе рагӏи дица кьоларо, кьун хадуб, гьеб тасамахӏго тезеги толаро. Нилъер гӏумруялъул роцен, гӏорцӏарал, ццулъарал чиновниказулги, хъулухъазда хадур хапдолезулги гӏаршиназ борцине тезе бегьуларо нилъеца.\nГӏолохъанаб гӏел пиводул баразе бутӏрулги чӏван, чамгӏалаб гӏумруялде сверулел ва базаралъул бокӏнилъ цурдалъелал хъурщун, хӏилла ургъулел рихьараб мехалда, щибго лъугьун гьечӏеб гӏадин вукӏине кӏолеб гьечӏо.\nНекӏо нилъер умумузе хасиятаб букӏинчӏогури гьеб. Анкьумумузе хасиятаб яхӏги бахӏарчилъиги музеялъул жавгьар-якъуталде сверулеб буго. Нилъер магӏарул халкъ мигьлъулеб ва мискинлъулеб буго. Жакъа гӏакъилзабилъун чӏун, халкъ нухкъосутӏе бачунел чиновниказда абизе рагӏи батулеб гьечӏо, — ян бицана гьес.\nАхӏи басра гьабуге, гьудул къварид гьавугейилан рукӏуна гӏакъилал магӏарулал. Кӏудияв гӏакъил, машгьурав шагӏир Цӏадаса Хӏамзатица гӏалимчи-гӏарабист Кьохъа Султӏанмухӏамадиде абун буго гьабсагӏат гьаниве Гӏабдурахӏман Даниялов вачӏине вугин, гьесулгун дур лъай-хъвай гьабизе бугин. Кӏваричӏин, баркала кьун буго гӏалимас, гьев халкъалъул мацӏакь вугев чиясдехун рекӏел цӏайи цӏикӏкӏани, Аллагьасдехун дунго гъапуллъилилан хӏинкъун вугин живилан. Дир иш гӏаксалда буго. Дир пикрабиги къасдалги гьесда сверухъ женжедулел ратула. Амма, цо хвасарлъи буго, гьеб дида лъала. Ахираталда нилъее рокьаралгун цадахъ рахъунин абулелъул, гьесие алжан щвеялде хьул буго.\nДоб букӏана гьев шагьаралъул депутатлъун вугеб 1995 сон. Дица гьесул хӏакъалъулъ хъвараб «Рекӏелъ рекӏараб цӏа свинчӏони…» абураб гьитӏинаб макъалаялда гьесул букӏинесеб жеги цебе бугин бихьизабулеб букӏана.\n«Гьалагаб чоца чотӏахъанасул кинигин инсанасулги хӏалбихьула гӏумруялъ. Дунялалъул, диналъул, сиясаталъул бутӏаялда чанги гучаб карачелалъ гама гӏадин кӏовокӏана заманалъги низамалъги Сайгидпаша, амма гьев тӏуркӏичӏо, къуркьичӏо. Дида ккола бахӏарчияй эбел Забидат-хӏажиялъул насихӏаталъ, хитӏабалъ рухӏияб къуват кьун батилин гьесие. «Дуда божараб халкъалъул къварилъиги рохелги дурго гӏадин къабул гьабиялъулъ буго дур букӏинесеб», — илан абураб эбелалъул калима гьесул гӏинда багъулеб букӏана даим.\nТӏабигӏат цӏилъулеб, гӏадамазул ракӏал роха-хинлъулеб ихдалил гӏужалъ дунялалде вачӏана гьанже жиндир хатӏги цӏарги ракьалда хутӏизесев инсан Сайгидпаша.\nРалъдалъе гӏедегӏараб гӏор гӏадин ун батула гьаб гӏумру, гьале нилъер багьадурилан рагьдухъе щвана кӏиго лъеберго лъагӏел. Гьеб буго гӏумруги гӏакълуги цӏубалеб гӏуж.\nСапар битӏаги церехун унезе.\nМуса Хӏажигӏалиев"}
{"slug": "16883-magiarulazul-yarag-khvalchabigun-tunkiikher-khadur-giaradabi-va-raketabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16883-magiarulazul-yarag-khvalchabigun-tunkiikher-khadur-giaradabi-va-raketabi", "title": "«Магӏарулазул ярагъ: хвалчабигун тункӏихер, хадур — гӏарадаби ва ракетаби»", "date": "2022-04-07 10:09:56", "categories": ["rel"], "text": "Хвалчаби Кавказалде Россиялдасаги цере щвана\n«Дагъистанияс живго мурадалде щваравлъун рикӏкӏунаан йокьулей чӏужуги, гъабардаязул чуги, базалай абураб ханжарги, мадьяразул туманкӏги бугони», — ян хъвалеб буго гӏалимчи Хӏасан Алкъадарица.\nМадьяразул тункӏил (гьелда абулаан мажариланги) бакӏлъи букӏана 18 килограмм. Гьелда мажарин абиялъе гӏиллаги букӏана – нилъер умумул татаразул Маджар абураб шагьаралде даран-базаралъ щолел рукӏин.\nМагӏарухъ жеги-харги цӏунун хутӏун руго парс, гӏараб ва цогидалги мацӏаздаса рачӏарал некӏсиял хвалчабазул ва хунжрузул цӏарал. Масала, мисриязул хвалчен (Египеталдаса бачӏараб), паранг хвалчен (Франция), тисс маймун (Дамаскалдаса машгьураб хвалчен, цогидаб яргъида гьоркьоб гьелъул кӏудияб къимат букӏана).\nКавказалъул рагъул заманалда ва гьелде щвезегӏан магӏарулазул яргъилаб сурсаталъул бицунеб букӏана тарихчагӏаз дагьалъ цебе Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб данделъиялда.\nТарихчи Маркъо Шагӏбановасул рагӏабазда рекъон, Наполеонилгун букӏараб рагъдаса ва Кавказалде гӏурусазул пачаясул аскараз гьабураб гьужумалдаса хадуб, гӏурусазул нухмалъиялда бичӏчӏана жидерго хвалчаби, цогидал халкъазул яргъида дандеккун, гӏемерго къадарал рукӏин. Хвалчабийин абуни Кавказалда раккана Россиялдасаги цере.\nМаркъо Шагӏбановас бицухъе, хунжрузул кӏудияб машгьурлъи Кавказалда букӏун буго нилъер эраялде щвелалде ХӀII гӏасруялда. Магӏарулазул хунжрул рукӏана чӏахӏиял ва бакӏал, гьезда цохӏо гъуризе гурони, борлъизе кӏолароан. Гъабардаялдаса хвалчаби рукӏана чӏедерал, цӏакъго чӏахӏиял гурел. Шапсугазул хвалчаби — къокъал ва гӏатӏидал, гьез лъураб ругъун хвалилаб букӏунаан.\nМагӏарулал къабул гьарулел рукӏинчӏо\nДагъистаниял, аслияб куцалда, лъелал аскаразда рукӏунаанин бицана тарихчи Тимур Айтберовас. Амма гьезул нухмалъулев чотӏа вукӏунаан.\nАйтберовас бицана цо гьадинаб хӏужаялъул хӏакъалъулъги. Гуржиялда, гиназ Амелахвалил бакӏалда рукӏарал ансадерида рагӏун буго Надир-шагь Дагъистаналде гьужумгун вачӏунев вугилан. Гьениса къватӏире рахъун кӏиабилеб къоялъ Сугъралъе щун руго. Гьебгиха цадахъ гӏемераб рагъулаб сурсатги бугел чагӏи.\nАмма гьелдаго цадахъ абизе ккола, магӏарулал къабул гьарулел рукӏун гьечӏо Закатала мухъалда Чӏарлъиялъул магӏарулазул аскаразда гъорлъе. Гьелъие гӏиллалъун букӏанила магӏарулазда кьерда чӏун рилълъине лъангутӏи.\nМагӏарулал доз тӏасанккарал гӏадамаллъун ва хъачагъаллъун рикӏкӏунел рукӏун руго. Гьеб гуребги, магӏарулал рагьараб рагъулъ рагъулароанила, амма мугӏрузда рагъизе гьезулъе рахарал чагӏи рукӏинчӏила.\nТункӏихер\nМагӏарулаз тункӏихер хӏадурулаан бищунго гӏадатияб куцалда. Гӏемерисел росабалъ мажгиталъул къел ракьанда яги годекӏанир рукӏунаан жаниса рикӏарал кӏудиял ганчӏал. Тункӏихер къваригӏарав чияс вачӏун гьенивегун, балаан гьеб ганчӏида жанибе чӏабатӏгун тӏурччи ва селитра. Цинги, чанго чиги тӏаделъун, цо цӏулал алаталъ хӏарулаан гьеб кинабго. Гьелъул лъугьараб хӏур, дагьабго лъимги тӏаде тӏун, буцулаан. Гьеб жо балаан чахъдал тӏомол гьабураб таргьинибе. Цинги гьеб кутакалда кӏобокӏулаан буцараб жоялъул гарал лъугьинегӏан. Гьел гаралги цӏалкӏиниреги ран цӏалкӏулаан. Гьедин цӏалкӏун бачӏараб хӏур кколаан тункӏихер. Дол хутӏарал гаралги цӏидасан цӏалкӏулел рукӏун руго гьагъабго хӏур лъугьинегӏан. Гьедин тункӏихер гьабулел бакӏал рукӏанила Даргъорги, Унсоколорги, Веденорги, Гъунирги. Гьенире селитрагун чӏабатӏ бачӏунеб букӏун буго Кьохъа, Муниса, Гъуниса, Хӏотӏочӏиса, Хьиндахъа, Нахъахьиндаллъиялдаса ва Гӏандаллъиялдаса. Рагъулаб хъулухъ гьабиялда бащалъулеб букӏун буго гӏадамазе гьеб иш. Гьелда цадахъго тункӏихарие хӏажатаб жо гьел мастерскаязде щвезабурал хъизамазе имамасул рахъалдаса гӏарцул 1,5 гъурущги кьолеб букӏун буго.\nЯрагъ къанагӏатаб мех букӏиналъ гӏурусазул гӏарадабаздасан риччарал гумпараби ракӏараралъухъги цо-цо росабазул гӏадамал магъалоялдаса эркен гьарулел рукӏун руго Шамилица.\nГьединго магӏарулазда лъалеб букӏун буго гранатаби цӏезеги. Амма тункӏихер гӏураб къадаралда букӏинчӏолъиялъ гьез гьел салулги цӏезарун, гумпараби гӏадин речӏчӏулел рукӏун руго тушманасда.\nМагӏарулазул гӏарадаби ва ракетаби\nТарихчи Хӏажимурад Доногъохъ ругел баяназда рекъон, имам Шамилица гӏуцӏараб «Имамат» пачалихъалда киданиги букӏун гьечӏо артиллерия. Гӏарада гьабизе Дагъистаналда байбихьун буго XVIII гӏасруялда ва цохӏо Кубачи гурони тӏокӏаб кибниги гьабулебги букӏун гьечӏо. Руго баянал Надир-шагь Дагъистаналде вачӏунаго гьесухъа чанго гӏарада бахъун букӏанинги, амма хадур гьел кирниги хӏалтӏизарунин абураб баян гьечӏо.\nШамилида кӏванин артиллерия рагъулаб тайпаялде гъорлъе бачинеян рикӏкӏунеб буго Доногъоца.\nЦин гӏарада биун тӏезе ва гьелдалъун артиллерия гӏуцӏизе бегьулин абураб пикру гьесухъе щвезабун буго тункӏихергун гулби хӏадуриялъул рахъалъ Имаматалда жаваб кьолев вукӏарав Гьидалъа Мухӏамадица. Чанго маххул чӏолоялдаса хӏадур гьабизе кколаан гӏарададул хӏара ва гьеб щулаго букӏинелъун, тӏасан оцол тӏомги букъизе бегьулин абун буго гьес. Шамилицайин абуни, лъугьунареб жо бугилан, нахъчӏван буго гьеб пикру.\nАмма 1840 соналъ Чачаналдагун Дагъистаналда хӏалбихьун буго жидерго гӏарадаби хӏадур гьаризе, Доногъохъе щварал архивалдаса баяназда рекъон. Гьеб мурадалда Имаматалъул тахшагьар Даргъоб бан буго махх биунеб мастерская. Гьенив аслияв махщелчилъун вукӏун вуго Унсоколоса Хӏажи-Жабрагӏил абурав чи. Махх бииналъул балъголъаби гьес лъазарун руго Маккаялде сапар гьабулеб мехалъ Египеталда вукӏаго. Тӏоцебе хӏадур гьабураб гӏарададул гуллаялъул битӏккун гьечӏо, кьвагьун хадуб гьеб кесказде щущан ун буго. Амма хадусел гӏемерго щулиял лъугьун руго. Гьеб мастерскаялда кӏун буго лъикӏаб чанго кьвагьулеб алат хӏадуризе. Гьелъул хӏасилалда, 1843 соналда чабхъеналъ унаго Шамилил букӏун буго жиндирго гӏадамаз хӏадур гьабураб лъабго гӏарада.\nГьединго магӏарулаз хӏалбихьулеб букӏун буго жидерго ракетабиги гьаризе. Гьел гьаризе гьезда малъулеб букӏана Шамилил рахъалде вачӏарав гӏурусазул солдатас, гьесда абулеб букӏун буго Гӏурус Хӏасанилан. Гьеб букӏун буго ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда Великобританиялъул армиялда хӏалтӏизабулеб букӏараб, Уильям Конгрив абурав чияс ургъараб ракета.\nХадубккун гьеб ракета хӏалтӏизабизе байбихьун буго цогидал пачалихъазул армияздаги, гьелдаго цадахъ Россиялдаги. «Конгривил ракетадул» гӏуцӏи букӏун буго гьадинаб: кисанго гьеб букӏун буго маххул гъат тӏад жемараб, бакьулъ букӏун буго каратӏ, кьвагьун хадуб гьеб картӏиниса къватӏибе речӏчӏарулан ракетадул кӏкӏуй, ракета унеб рахъ рекъезабизе гьелда букӏун буго тӏеренаб хӏосги.\nАмма гьединаб ракета хӏадуризе ккани, хӏажалъулаан лъикӏаланго къадар маххул ва тункӏихералъул. Гьезул абуни мугӏрузда кӏудияб къанагӏалъи букӏана. Гьединлъидал гьеб ракетаялдаса пайда босизе рес щвечӏо доб мехалда."}
{"slug": "16884-shamil-tarikhaldasa-arab-zamango-bukiinchio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16884-shamil-tarikhaldasa-arab-zamango-bukiinchio", "title": "«Шамил тарихалдаса араб заманго букӏинчӏо»", "date": "2022-04-07 10:14:35", "categories": ["gara"], "text": "Республикаялъул миллиял газетазул коллективалгун дандги чӏван, гьал къоязда нижер редакциялдеги вачӏун вукӏана Виктор Быстров. Гьев ккола гӏурус миллаталъул рахъалдаса имам Шамилил цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб фондалде вищарав вице-президент. Шамилида хурхун фондалъул хӏалтӏи гьес машгьур гьабула Гъизляр мухъалда. Журналистазулгун дандчӏваялда Быстровас бицана Кӏудияв имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул юбилеялда хурхун дагьалъ цебегӏан ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб программаялъул хӏакъалъулъ («Хӏакъикъаталъул» цересел номеразда бахъун букӏана гьеб).\nГьелда тӏасан гьадинаб гара-чӏвари ккана Виктор Быстровасулгун нижер.\n— Виктор Викторович, гьабсагӏаталда (Кавказалъул рагъ лъугӏун гӏезегӏан заман ун хадубги) имамасул цӏаралъул кинаб кӏвар бугеб нилъер заманалъе?\n— Гьебщинаб мехалда жаниб гьеб суал кӏочон тараб заманго букӏинчӏо. Цояз гьадин бицун, цогидаз – батӏайисан. Долдаса нахъего гьоркьоб къотӏичӏелъидал Шамилида сверухъ бугеб бахӏс: цояз гьев рикӏкӏуна Бахӏарчилъун, миллияв цевехъанлъун, цогидаз абула гьабизе кколароанин дос доб къеркьей, гьагъалщинал гӏадамалги гъурун, росабиги чӏунтизарун. Гьединлъидал къваригӏун буго гьел харбазе ахир лъезе — имамасул унго-унгояб хасиятги доб мехалда гьесда сверухъ лъугьараб хӏакъикъатги кинаб букӏарабали халкъалда бичӏчӏизабизе.\nДида ккола советияб пикруялъул хутӏел батилин гьел Шамилил хӏакъалъулъ тӏиритӏизарурал сурукъал харбалги. Турказулгун ингилисазул жасуслъунгицин гьавулев вукӏинчӏищ гьев цо заманалда. Хӏакъикъат тӏатилин хӏинкъун, кигӏан кӏваниги гъоркь къинабулеб букӏана гьесул рахъалъ батӏияб пикру. Гьанжего-гьанже буго гьеб дагь-дагьккун къватӏибе бачӏунеб.\nДица гӏемер цӏалана Кавказалъул рагъуда тӏасан тарихчагӏаз гьарурал хъвай-хъвагӏаял. Байбихьуда иш ракълидалъун тӏубазе къеркьолев вукӏун вуго имам, щайин абуни биял гӏодоре тӏезе бокьичӏолъиялъ, руччабигун лъималазда, харабазда гурхӏун. Амма доб мехалда букӏараб пачаясул хӏукуматалъ гьесда цере лъола тӏуразе кӏоларел шартӏал. Гьел тӏуран рукӏараланиги, халкъалда Шамил вичӏчӏизе вукӏинчӏо.\nГьединго дица цӏалана гӏурус тарихчагӏаз данде ракӏарарал баяналги. Масала, гьенир батӏи-батӏиял гӏадамаз бицунеб буго Калугаялда имам Шамилица гӏарцул рахъалъ кумек гьабулаанила лагълъиялда рукӏарал жидер умумузе, гӏурусазе (крепостные крестьяне – авт.). Гьединго имамас гӏурус пачаясухъе кагъатги хъван букӏун буго гьеб крепостное право абураб лагълъиялдаса гӏадамал тархъан гьареян.\n— ???\n— У. Буго гьединаб кагъат (письмо-прошение). Къваригӏарав чиясда Москваялда тарихалъул музеялда батула гьеб. Шамилил хӏакъалъулъ бахъараб энциклопедиялда дидагоги бихьанаӏ .\nПалхӏасил, имамасул хӏакъалъулъ битӏараб бицине къваригӏун буго гӏун бачӏунеб гӏелалда. Дица абулеб гьечӏо Шамилил хӏакъалъулъ гӏицӏго лъикӏаб жо гурони хъвазе бегьуларилан. Гъоб дица рехсараб энциклопедиялда рихьизарун руго гьесул цогидал гӏамалалги. Амма щиб батаниги, битӏараб бицине тезе ккола.\nГӏолилазда гьанже тарих, хасго нилъерго тарих, цӏакъ мукъсанго гурони лъалеб гьечӏо. Яги бищунго гьев имам лъалев гӏолохъанчиясдагицин кколеб батула Шамил гӏицӏго магӏарулазул Бахӏарчи вукӏанилан. Гьезда гӏайиб щиб, цо-цо мехалда чӏахӏиязгицин абула гьедин. Тарихалдасан нилъеда лъалелъулха гьесул аскаразулъ батӏи-батӏиял миллаталги рукӏараблъи. Хасго асир гьарурал гӏурусал – хадуб гьез ярагъ гьабизеги малъун буго Шамилил рагъухъабазда.\n— Дуца цебехун ракӏалде щвезабуна имамасе иш ракълидалъун гьабизе къваригӏун букӏараблъи. Гьелъие ресал рукӏанадай?\n— Рукӏанин тола дица, гьанжелъагӏан цӏалараб литератураялдаса босун абуни. Амма кӏалъан рагӏи данде кколарев чиясул хӏакъалъулъ гӏадин, Шамилил хӏакъалъулъ пачаясда батӏайисан бицун батизе буго гьев вокьуларел чагӏаз. Гьанжеги гьечӏищха гьединалго гӏадамал, лъикӏав чи квешав вугилан чӏезабулел.\nӏАмма Шамилил тарих лъазабулев гӏалимчи Хӏажимурад Доногъоца абуна жинда гьединаб документ бихьичӏила. Гьединго Калугаялда имам Шамилица хӏаракат бахъулаанила пачалихъалъул суалазда гьоркьове лъугьинчӏого чӏезе. Имамасе кӏвар бугеб аслияб суал букӏанила жив хӏежалде ине виччай.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "16886-tsiune-tiabigiatal-ul-gajbatl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16886-tsiune-tiabigiatal-ul-gajbatl-i", "title": "Цӏуне тӏабигӏаталъул гьайбатлъи!", "date": "2022-04-07 10:16:34", "categories": ["tab"], "text": "ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул институталъул Ракьулгун хурдузул лабораториялъул нухмалъулев, биологиял гӏелмабазул кандидат, доцент, ДРялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Рамазан Муртазагӏалиев ккола Цӏумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъа. Эбел – медицинаялъул хӏалтӏухъан, акушерка, эмен – шофер. Эбел-эмен хӏалтӏулел рукӏана райцентралда, Агъвали росулъ. 28 сон барав Рамазаница цӏунана биологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.\nРосдал школаги лъугӏизабун, Рамазан цӏализе лъугьана ДГУялъул биологиялъул факультеталде. Эбелалъе бокьун букӏана гьев тохтурлъун вахъине – гьелъул мурад тӏубазе гъираялда, кӏицӏул хӏалбихьана мединституталде лъугьине. Амма гӏурус мацӏалъул экзаменалъ гъоркье рехана.\nУниверситеталда цӏалулаго Рамазаница тӏаса бищана ботаника. «Бокьун букӏана экологиялъул махщелчилъун вахъине, амма ракӏалъ цӏана ботаникаялде», — ян ракӏалде щвезабуна гьес.\nДипломалъул хӏалтӏи хъвалаго, хӏукму гьабуна аспирантураялда цӏализе. Лъай-хъвай гьабуна МГУялъул профессор, РАНалъул член-корр. Вадим Тихомировасулгун. Тӏоцебесеб курсалдаго тӏаса бищун букӏана гӏелмиял цӏех-рехазе темаги – «Богоссалъул хурдузул цӏех-рех гьаби». Богоссалъул щобазда рижулел хурдул лъазаризе гӏемер хьвадана Рамазан. Гьесул дипломалъул хӏалтӏулъ рехсон буго Шамил, Лъаратӏа, Бежтӏа, Цӏунтӏа ва Цӏумада районазда рижулел хурдузул 1200 тайпаялъул цӏар. Бицунеб буго гьезул хӏакъалъулъги. Щуабилеб курсалда, дипломалда тӏад хӏалтӏизе кьураб заманалда, гьев ана Москваялде, дандчӏвана В. Тихомировгун, бихьизабуна гьесда дипломалъул хӏалтӏи. Гьесго къотӏи гьабуна аспирантураялда гӏолохъанав гӏалимчиясе бакӏ теялъул хӏакъалъулъги.\nАмма риидал В. Тихомиров хвана, ва Рамазан цӏализе лъугьине ккана ДНЦялъул аспирантураялде. Хъвана ва цӏунана Мухӏамадрасул Дибировасул нухмалъиялда гъоркь гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация ва хӏалтӏулев вуго ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул ва экологиялъул институталда.\n— Рамазан, Богоссалда ва цогидал бакӏазда рижулел хурдузда гьоркьоб кинаб батӏалъи батараб? Ругищ гӏицӏго гьенир гурони дандчӏваларел?\n— Богосс буго кӏудияб габурлъи ва гьенирго рижулел хурдузда гьоркьобцин буго батӏалъи. Гьеб бараб буго тӏабигӏиялгун гьава-бакъалъул шартӏазда. Масала, Богоссалъул борхалъудегӏан гӏагараб буго Цӏунтӏа район. Гьенир рала бищун гӏемер цӏадал. Гьеб рикӏкӏуна бищунго регьел цӏикӏкӏараб Дагъистаналъул бакӏлъун. Болъихъ район рикӏкӏуна, гьелде данде ккун, ракъдаллъи гӏемераблъун. Богоссалъул борхалъи гьениб бахуна 700 метралде, Цӏунтӏайин абуни — 4100 метралде. Гьел шартӏазда рекъараб бижула гьениб херги. Рохьал, харибакӏал, кьураби ва хьуцӏал – гьединал бакӏазда рижулел хурдулги рукӏуна батӏи-батӏиял.\nГӏагарда ругел тӏабигӏиял бакӏазда рижулел хурдузул релълъен-хъвай камуларо. Гьединлъидал ратула батӏи-батӏиял бакӏазда рижулел цогоял хурдулги. Ратула къанагӏаталги, гӏицӏго пуланаб бакӏалъе хасияталги. Масала, Цӏунтӏа районалда гурони бижуларо «лещина древовидная» абураб тайпаялъул цӏулакьодул гъутӏби. Базаралда бичулеб парс-цӏулакьоялъул букӏуна тӏеренаб хъал, гьеб гӏезабула ахикь. Цӏунтӏа руго парс-цӏулакьодул рохьал, ай гьеб жибго бижула. Руго гӏицӏго Богосс габурлъиялда рижулел хурдул: астрагал – Болъихъ районалда, сурепка – Бежтӏа участокалда, гвоздика тляратинская – Лъаратӏа районалъул Кӏособ росдада гӏагарлъухъ; 1970-абилел соназда Богоссалда, мухӏканго абуни, Цӏунтӏа районалда, батана Вероника Богосская абураб тӏегь – 3000 метралъул борхалъуда бижула гьеб. Хадуб гьеб батана Цӏумада районалъулги Чачаналъулги гӏорхъода ва Чачаналдаги. Гьединал хурдузда абула локалиял эндемикалин абун.\n— Къанагӏатал хурдул тӏагӏиналъул хӏинкъи бугищ?\n— Буго. Масала, кӏосдерил щобазда бижула къанагӏатаб гвоздика. Нагагь нух гӏатӏид гьабизеян гӏадамал лъугьани, рехсараб тайпаялъул гвоздика тӏубанго тӏагӏиналъул хӏинкъи буго. Эхедегӏанги бижулеб батила гьеб, амма къадарниги дагьлъичӏого хутӏиларо.\nКъанагӏатал хурдул цӏуниялъул мурадалда ва ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялъул тӏадкъаялда рекъон, нижеца хӏадурана ва гъоркьиса басмаялде бахъана «Дагъистаналъул Багӏараб тӏехь», гьелъул редакторазул цоявлъунги ккола дун. Аслияб масъала буго къанагӏатал ва «Багӏараб тӏехьалда» хъварал хурдузулги тӏугьдузулги цӏарал бакӏалъул халкъалда лъангутӏи. ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялъ районазда ругел жидерго идарабазул кумекалдалъун гьабизе ккола гьеб рахъалъ хӏалтӏи.\n— Чан тӏехь ва гӏелмияб макъала бахъараб дур?\n— Гӏаммаб къадаралда – 200-гӏанасеб. Гьезда гьоркьор руго 17 монография ва цогидал авторазда цадахъ хъварал тӏахьал.\n— Тӏахьал рахъизе рес кин батараб?\n— «Багӏараб тӏехь» бахъана рехсараб министерствоялъул харжалъухъ. Руго Дагъистаналъул заповедникалъ кумек гьабун рахъаралги.\n— Исана хасало ахӏи бахъун букӏана Лъаратӏа районалда гӏалхул дугӏнулги, багӏнасалги, чундулги холел ругин абун. Щиб букӏине бегьулеб гьелъие гӏиллалъун?\n— Гӏалхул хӏайваназул рукӏуна, рукъалъул боцӏулго гӏадин, батӏи-батӏиял унтаби. Гьел рахине бегьула рукъалъул хӏайваназдеги. Гьеб тӏабигӏияб иш буго, ахӏи базе ккараб хӏалги гьениб букӏунаро. Россиялда руго гӏалхул хӏайваназул къадар цӏуниялъул мурадалда, унтарал ва квачӏ-бох бекарал жанаварал сахлъизарулел хасал централ. Дагъистаналда хӏалбихьун букӏана тюленал цӏунулеб гьединаб центр рагьизе, амма гьелъул хӏасил жеги ккечӏо.\n— Дида бицана мун къватӏисел улкабазда сапаразда гӏемер вукӏанин абун…\n— Хӏакъикъаталдаги, дун щвана гӏемерал улкабазде – гӏелмиял дандеруссиназда гӏахьаллъизе, пуланаб темаялда тӏад хӏалтӏулаго, магӏишатияб къотӏиялда рекъон хӏалтӏизеги. Масала, ахирисеб сапар букӏана декабралда Колумбиялде – Москваялъул экотуризмалъул фирмаялъулгун гьабураб къотӏиялда рекъон. Фирмаялъул руго тропиказда ругел улкабазде сапарал гьариялъул маршрутал – хӏисабалде росула сапаралда рукӏаго дандчӏвалел къанагӏатал хурдул, гъутӏби, хӏайванал, тӏабигӏиялгун архитектуриял памятникал ва гь.ц. Гьеб фирмаялъул тӏадкъай тӏубазе дун щвана Югалъулаб Африкаялде: Зимбабвеялде, Замбиялде, Ботсванаялде ва хӏадурана Югалъулаб Африкаялъул хурдузухъ балагьизе рес кьолеб цӏияб маршрут. Югалъулаб Африка рикӏкӏуна, хурдузул рахъалъ хасаб ханлъун, ай Капское царство. Кинабниги буго анлъго царство. Гьезда гьоркьоб Капское царствоялъул флора буго гӏажаибго берцинаб ва тайпабазул рахъалъ бечедаб.\nГьеб маршруталда туристасе пайдаяб кинаб гъветӏ-хер бугебали баян гьаби букӏана дир сапаралъул аслияб мурад.\n— Дуца 20 соналъ дарсал кьолел руго медуниверситеталда. Абитуриентазул лъаялъулъ батӏалъи халлъулеб бугищ?\n— Медуниверситеталде цӏализе гӏемер рачӏуна тӏокӏлъиялда школа лъугӏизабурал гӏолилал. Группаялда 5-6 студент вукӏуна багӏараб дипломалде гъирагун цӏалулев. Гьоркьохъеб хӏисаб гьабуни, студентазул лъай загӏиплъун буго 20 соналъ цебе букӏаралдаса. Амма цӏализе гъира бугел студентал кидаго рукӏана. Гьанжесел студентаз хӏалтӏизарула гаджетал, Интернет, хисана лъай кьеялъул къагӏидаби, студентазул хӏадурлъиялде рукӏарал тӏалабал. Студентаз хӏаракат гьабула лъай щолеб къагӏида бигьалъизабизе – телефоналдаса ва цогидал гаджетаздаса пайдаги босун.\n— Хисана лъай кьеялъул къагӏидаби. Гьезул пайда бугищ, дур пикруялда?\n— Гьелъул пайдаялъул хӏасил гьабун бажарила гӏицӏго кӏиябго системаялда хӏалтӏарав чиясухъа. Дир пикруялда, Болоналъул конвенция къабул гьабиялъ кьучӏдасанго биххизабуна советияб заманалъул лъай кьей. Щиб лъалеб, гьелда хъвачӏого тарабани, хӏасилал лъикӏал ккезеги рес букӏун батила. Хьул буго гьел хиса-басиял гьарияздаса ракӏги бухӏун, инкар гьабиялдеги. Масала, цебе гӏелмиял центразухъ букӏараб аспирантура кьуна тӏадегӏанаб лъай кьеялъухъе. Дагь-дагьккун аспирантура тӏад буссинабулеб буго букӏарабго бакӏалде.\nГара-чӏвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "16887-guniyaldasa-iskhiak-il-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16887-guniyaldasa-iskhiak-il-nukh", "title": "Гуниялдаса Исхӏакъил нух", "date": "2022-04-07 10:20:17", "categories": ["insan"], "text": "Бокьараб росулъ рукӏунел ратила, щиб кканиги аскӏоре унел, киназго адаб гьабулел гӏадамал. Гьединаллъун Казбек районалъул Гуни росулъ ккола Нагӏатовалги. Гьеб росулъ буго киданиги къунареб ва кидаго росуцоязул хӏажалъи тӏубалеб «Нагӏатил иццги». Гьединабго къин гьечӏеб бугин абула гьезул тухумалъул росдае ва росуцоязе кумек гьабизе бугеб гъираги. Гьезул вакил, гӏемерал соназ росдал колхозалда шоферлъунги хӏалтӏун, гьабсагӏаталда хӏалхьиялда вугев Нагӏатов Исхӏакъилгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Исхӏакъ, дур эмен (Ибрагьим) гӏумруялъго хӏалтӏун вуго вехьлъун, вукӏун вуго гӏиял бригадирлъун. Амма дуца тӏаса бищун буго техникаялда хурхараб махщел…\n— Щивасул буго жинди-жиндир нух, дидаги батана дирабго. Мунагьал чураяв эмен вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, гьениса вуссаралдаса нахъе гӏемерал соназ хӏалтӏана вехьлъун, гӏиял бригадирлъун. Гьев вукӏана лъикӏав, нухмалъиялъ рикӏкӏунев хӏалтӏухъан, къадруялда вугев, лъикӏаб цӏар нахъе тарав инсан. Гӏемерисеб заманалда гьев вукӏунаан хъутабаздаги магӏардаги гӏияда хадув, рокъов вугеб мехго гӏемер букӏунароан. 7-8 классазда цӏалулеб заманалда дица хӏукму гьабуна Буйнакск шагьаралда бугеб механизациялъул училищеялде цӏализе ине. Гьениб студентазе кьолаан стипендияги, ретӏине ретӏелги, кваназе квенги, гьединлъидал дица гьеб тӏаса бищана. Кӏиго соналъ гьенивги цӏалун дие щвана шофер-механизаторасул аттестат.\n— Гӏемерал соназда хӏалтӏарав дур цӏар ун буго киданиги авария ккечӏев шофер хӏисабалда. Букӏанищ гьедин?\n— Букӏана. Гьебгощинаб заманалда жаниб я цониги нухалъ авария, я цоги гьелда релълъараб лъугьа-бахъин ккечӏо.\n— Дур хӏалтӏул гӏаммаб стаж кколеб буго 44 сон. Захӏмалъи-бигьалъиялъул, щолеб букӏараб мухьалъул хӏисаб гьабун, кинаб къимат дуца кьолеб доб заманалъул хӏалтӏуе?\n— Гьанже ругезда лъалареб, гьезда бичӏчӏизе захӏматаб хӏалалъул хӏалтӏи букӏана доб мехалъ. Цо минуталъ кватӏичӏого, цо къо гьоркьоб камичӏого тӏубазе кколаан кинабго. Амма гьеб захӏмалъиялда рекъараб букӏунароан щолеб мухь, кьураб жоги босун сихӏкъотӏун рукӏунаан хӏалтӏухъабиги. Къокъго абуни, нижеда бихьараб къоги, нижеца гьабизе ккараб хӏалтӏиги гьанжесеб гӏелалъ баччулеб, хӏехьолеб жо гуро. Хӏалтӏи гӏемерго дагьлъун, бигьалъун бугониги, дида рагӏаралда ва бицаралда рекъон, гьабсагӏаталда хӏалтӏухъанасе щолеб мухь гӏезегӏан цӏикӏкӏун буго.\n— Гьанже гӏемерисезда лъазецин лъаларо «трудодень» абураб жо. Доб мехалъ гьездалъун рикӏкӏунаан гьабураб хӏалтӏи. Дур пикруялда, битӏараб къагӏида букӏанищ гьеб?\n— Щибаб заманалда руго жидер гӏуцӏиялда рекъарал къагӏидаби. Цо заманалда, хӏакъикъаталдаги, гьабураб хӏалтӏул даража борцунаан, гьелъие къимат кьолаан щварал «трудоденазда» рекъон. Магӏишаталъ (колхозалъ) пачалихъалда цере киналго планалги тӏуран нахъе хутӏаралдаса дагьа-макъаб жо (гьан, нах, картошка, ролъ ва гь.ц.) щун гурони, гьезда хадуб гьедин гӏемер жоги щолароан. Херлъун вукӏиналъ мухӏканго ракӏалда гьечӏо кида гьеб ккарабали, амма гьеб къагӏида заманалдасан хисана. Дур хӏалтӏуда рекъон моцӏрол ахиралда дуе кьолеб харж гӏемерго лъикӏаблъун ва битӏараблъун бихьула дида.\n— Гьаб заманалда гӏемер рукӏуна артистазул, кочӏохъабазул батӏи-батӏиял конкурсал, амма дида рагӏичӏо дояркабазда, механизаторазда гьоркьор гьел тӏоритӏулел рукӏин. 1962 соналда «За лучшую комсомольскую кукурузу» конкурсалдаги бергьун, дуе щун буго Хӏурматияб грамота. 1974 соналда дуе кьун буго «Победитель социалистического соревнования 1974 года» гӏаламат. Дур руго жеги шапакъаталги. Гьеб киналдаго хурхун щиб абилеб?\n— Пачалихъалъул гӏуцӏи букӏана додинаб, гьанжеялдаса тӏубанго батӏияб, гьеб дуца рикӏкӏараб кинабго ккола долъие хасиятал гӏаламатазул цояб. Кин бицаниги, доб мехалъ цӏакъ хӏалтӏуда тӏадчӏун рукӏунаан, гьелде кьолаан аслияб кӏвар. Гӏемер гӏуцӏулел рукӏарал гьел «социалистиял къецалги», гьезул хӏасилазда рекъон кьолел цӏаралги, шапакъаталги рукӏана хӏалтӏи цебетӏеялъе, гьелъул цӏиял къагӏидаби рилълъанхъизариялъе чӏезарурал. Масала, дие гьездаса расги пайда букӏинчӏониги, гьеб кинабго къабул гьабулаан хӏалтӏулев чи кӏодо гьавиялъул магӏнаялда. Хӏалтӏи захӏматаб, щолеб мухьги мукъсанаб букӏаниги, гӏадатияв хӏалтӏухъанасул къадру-къимат гьабулаан доб мехалъ.\n— Дур буго 82 сон. Гьеб ригьалъул чи гӏемер ругищ росулъ, хъизан-рукъалъул щал ругел, кинал ва сундул пикрабазда унеб заман?\n— Дица 6-7 сон балелдаго хвана дир эбел (Умайсат), цинги инсуца ячана цоги чӏужу (Хӏалимат). Гьелъ гьабуна дие эбеллъи, эмен къадаралде щваралдаса (1970 сон), гьей жийго хвезегӏан (1992 сон), 22 соналъ, берцинаб хӏалалда, дидаго аскӏой дицаги хьихьана гьей. Дир руго щугоял – 3 васги 2 ясги, киналго руго жиде-жидер магӏишаталда. Цо васги ясги руго росулъ. Дидаса дагьаб цӏикӏкӏараб ригьалъул чи росулъ ватила 5-6. Гьанже гӏемерисел пикраби руссунел руго доб дунялалдехун, как-диналда тӏад инабула заман.\n— Дуе бугеб пенсиялдаса рази вугищ мун?\n— Дие щола 30 азарго гъурущ, амма дир документазда рекъон дагьаб цӏикӏкӏун букӏине кколаан. Дун рази вугин яги гьечӏин абун тӏаде бачӏунеб жоги гьеб гурелъул, кьураб жоги босун, щукруги гьабун чӏеялдаса лъикӏаб жо гьечӏо.\n— Росуцояз абухъе, мун кидаго вукӏун вуго жигарав жамагӏатчи, кумекалъе хӏадурав хӏаракатчи…\n— Гьединги букӏана, гьединал рукӏун ратила цогидалги. Гьаб буго заманалъул рукъ, нилъги кидаго гьанир рукӏинесел гӏадамал гуро, ругебгӏан заманалда хӏажатасе кумек гьаби буго тӏадаб налъи. Дица киданиги течӏо кумек къваригӏун аскӏове вачӏарасе бажарараб гьабичӏого, гьанжеги гьабула.\n— Нужер росулъ буго «Нагӏатил ицц»…\n— Дир минаялъул кӏалтӏа бугеб гьеб ицц бахъун буго дир инсул эмен Нагӏатица. Халатккун цӏадал рачӏеб, ракъдаллъи ккараб заманалда дагьаб тӏеренлъун гурони, дида лъан гьеб ицц киданиги къинчӏо.\n— «Хӏакъикъат» газеталъул рахъалъ щиб абилеб, щолищ духъе гьеб, цӏалулищ?\n— Кидаго хъвала, цӏалула. Кӏодолъун вугелъул, тӏолабго цӏалун бажаричӏониги, балагьула, дагь-дагьабниги цӏаличӏого толаро. Дир хӏисабалда, магӏарул газета хъвазеги цӏализеги ккола киналго магӏарулаз, гьедин бугони, пайда гурого, кинабгӏаги зарал букӏине гьечӏо.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "16888-giagarab-dag-istan-dun-dur-vas-vugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16888-giagarab-dag-istan-dun-dur-vas-vugo", "title": "Гӏагараб Дагъистан, дун дур вас вуго!", "date": "2022-04-07 10:21:51", "categories": ["barkiyal"], "text": "Кӏиго щуйил тӏад хъвараб болъодул хӏокӏги тана,\nТаваккалаб хаселалъ расулъ мугьруги лъуна.\n(Къурбан Кӏулизанов)\nКъурбан Кӏулизанов. Шагӏир, журналист, кочӏохъан, композитор, лъикӏав инсан. Къурбан Кӏулизанов. Шагӏир, журналист, кочӏохъан, композитор, лъикӏав инсан.\nГьитӏинабго росулъа васасул гьаракь цин лъалхъана гӏагараб росдал сухъмахъазда, цинги гьелъ нух бахъана Лъаратӏа районалъул рорхатал мугӏрул тӏогьазде ва гьенисанги боржана гӏатӏиракьалде, байбихьуда чӏей гьабуна Махӏачхъалаялда ва цинги зама-заманалдасан – тӏад буссун щола магӏарухъе. Магӏаруллъиялъухъ урхъараб гьесул гьаркьида дандчӏвай гьабула рорхатал мугӏрузда гӏумру гьабун ругел магӏарулаз. Гьез чӏвараб хъатгӏан кӏудияб сайгъат кинабха букӏинеб кочӏохъанасе. Рагӏана Къурбанил гьаракь магӏарул радиоялдасанги, Авар театралъул сценаялдасанги ва магӏарул кочӏое сайгъат гьарурал цогидал тадбираздаги. Кив цеве вахъаниги, гьев хутӏана Дагъистаналъул васлъун, гье-лъул гӏадатал-гӏамалалгун, рохел-пашманлъигун, рукӏа-рахъингун.\nГьавуна Къурбан Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏа росулъ. Гьитӏинго бижана гьесулъ магӏарул кочӏоде рокьи. Къурбаница школалдаго байбихьана музыкалиял къецазда гӏахьаллъизе. Соналдаса соналде тӏегьалеб букӏана гӏолиласул рекӏелъ кочӏоде рокьи.\n1989 соналда армиялда хъулухъги гьабун, рокъове тӏадвуссарав Къурбан цӏализе лъугьана Дагъистаналъул культураялъул училищеялде. Цӏалиялдаго цадахъ гьев хӏалтӏизеги лъугьана Авар театралде.\nТеатралъул коллективгун цадахъ гьев щвана киналго магӏарул районаздеги. Гьенив хӏалтӏулаго, гьес ролал хӏана гӏемерал спектаклязда. Масала, «Фатима» спектаклялда – Султан, «Мугӏрузул Гӏали» спектаклялда – Ахӏмад, «Ахӏулгохӏ» спектаклялда – Гӏабдурахӏман, «Хӏикматаб щвантӏих» — Иванушка (лъималазе), «Мала Насрудин» — цӏогьор, «Хӏикматаб сандукӏ» — Аци-баци (лъималазе), «Рокьул ахӏи» — Хизирхан ва цогидалги спектаклязда. Гӏолохъанав актерасул пагьму-гьунарги бихьун, гьесухъе чанги кьуна аслиял ролалги. Ва Къурбаница кидаго ритӏухъ гьабулаан жинде театралъул нухмалъиялъ гьабураб божилъи. Гӏемер гӏахьаллъана гьев гурхӏел-рахӏмуялъул тадбираздаги.\nАхирал соназда цӏакъго машгьурлъана кочӏохъан хӏисабалда. Гьанжелъизегӏан гьес къватӏибе биччан буго жинцаго ахӏулел кучӏдузул 18 альбом. Гьединго махщел буго Къурбанил кучӏдул хъвазеги. Гьес къватӏибе биччана кӏиго тӏехь ва цо аудиотӏехь. Къватӏибе биччазе хӏадурун буго жеги кӏиго тӏехьги.\nКинал къецазда гӏахьаллъаниги, Къурбание щолаан цересел бакӏал. Масала, «Музыкалияб майданалда» гьев вахъана лауреатлъун, Тӏолгороссиялъул миллияб кочӏол «Авадан» конкурсалда гьесие щвана кӏиабилеб бакӏ. Гӏахьаллъана Северияб Кавказалъул профессионалиял театразул фестивалалда. Студентлъун вугеб заманалдаго, гьес роль хӏана «Хвалчабазул рагӏдукь алжан» абураб имам Шамилил хӏакъалъулъ бугеб киноялдаги.\nДагъистан тун къватӏирги кьуна Къурбаница гӏемерал концертал. Магӏарул кочӏол гьайбатаб къисаялъул гьес бицана Ростовалда, Волгоградалда, Екатеринбургалда, Москваялда, Уфаялда, Ставрополь краялда, Санкт-Петербургалда, Азербайжаналъул Белокан ва Закатала районазда ва Россиялъул цогидалги регионазда.\nШагӏир хӏисабалдаги, машгьурав вуго Къурбан магӏарулазда гьоркьов. Гьесул кучӏдул ахӏула Зайнаб Махаевалъ, Зумруд Гӏабдулаевалъ, Хӏажилав Хӏажилаевас, Шамил Ханахъаевас, Гӏайшат Насрулаевалъ, Патӏимат Гӏабдулаевалъ, Муминат ва Тӏавус Мухӏамадоваз, Гӏарип Гӏариповас ва цогидалги машгьурал кочӏохъабаз. Гьесул рагӏабазда ахӏулеб нусгоялдаса цӏикӏкӏун кечӏ буго «Прибой» радиостанциялда.\nЖивго Къурбаницаги кечӏ ахӏи байбихьана магӏарул адабияталъул классиказул рагӏабаздасан — Махӏмудил, Инхоса Гӏалихӏажиясул, Хӏамзатил Расулил ва цогидазулги кучӏдул.\n2013 соналдаса нахъе Къурбан Кӏулизанов ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул членги.\nГьединго Къурбаница кӏудияб махщалида нухда рачуна бертабиги, кечӏ-бакъангун, кьурди-хъатгун ва мавлидалгун тӏоритӏулелги.\n— Щибаб бертадул букӏуна жиндирго хаслъи. Некӏогоялдаса буго магӏарул бертабалъ кечӏги кьурдиги. Гьанже гӏемерисез мавлидал гьарулел руго. Кӏиго батӏияб бертин. Кӏиго батӏияб гьеб нухда бачӏунеб къагӏида. Дир пикруялда, цоялъ цоялъе квалквал гьабизе бегьуларо, — ян абула Къурбаница.\nКинал бергьенлъаби росаниги, кинаб борхалъиялде ваханиги, Къурбан хутӏана мугӏрузул васлъун, магӏарул годекӏан рекӏелъ цӏунарав. Гьелъго батила гьев кидаго цӏалев умумузул гъасде. Гьесда ракӏалда буго росулъ жиндирго рокъоб умумузул гӏумруги рукӏа-рахъинги ракӏалде щвезабулеб музей гӏуцӏизеги. Гьеб ккола хадусел гӏелазе гьитӏинаб ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисаллъунги.\n— Дагъистан, дун дур вас вуго — гьале гьединаб буго Къурбан Кӏулизановасул къисматалъул ахӏи. Гьеб бихьулеб буго гьес жиндирго концертазе кьурал цӏараздасанги:\n— «Дун годекӏаниве тӏад вуссана», «Дун дур вас вуго, Дагъистан», «Умумузул кочӏол дандерижи», «Дир Ватӏан», «Дир халкъ – дир чӏухӏи», «Ракӏалъ кечӏ ахӏулеб буго».\n55 сон тӏубалеб, жибго гӏумруялъгицин кӏиго щуйилаб лъолеб гьаб гӏужалда, «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги газеталъул божарав гьудул, Дагъистаналъул халкъияв артист Къурбан Кӏулизановасе гьарула махщелчилъиялъулъ дагьалги чӏахӏиял бергьенлъаби. Биччанте гьес умумузул годекӏабахъги, магӏарул кочӏохъги, гӏадамазул ракӏазулъги бакараб рокьул цӏа даимаблъун хутӏизе.\nШ. ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "16889-khalk-iyab-abun-tsiar-tsiunarab-tadbir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16889-khalk-iyab-abun-tsiar-tsiunarab-tadbir", "title": "«Халкъияб» абун цӏар цӏунараб тадбир", "date": "2022-04-07 10:28:15", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаналъул лъикӏаздаса лъикӏал халкъиял театразул форум-фестиваль тӏобитӏана Гӏурус театралъул минаялъуб. «Халкъияб маска» абун цӏар кьураб, Россиялда лъазабураб маданиябгун рухӏияб ирс цӏуниялъул соналда ва машгьурав шагӏир Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялда хурхинабураб гьеб тадбир тӏобитӏана республикаялъул Культураялъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏаракаталдалъун. Дагъистаналъул гьайбатлъи, гьунаразул ва гӏадат-гӏамалалъул рахъалъ бечелъи, хаслъи бихьизабуна Ахти, Цӏияб Лак, Хунзахъ, Гумбет, Лак, Курах, Мухӏарамкент, Чӏарада, Кули, Унсоколо, Хив районазул халкъиял гьунарчагӏаз.\nХӏакъикъаталдаги районазда ругел халкъиял гьунарчагӏазул коллективал жакъа руго щибаб халкъалъул хаслъи цӏуниялъе сабаблъун. Гьел цадахъал тадбираз, гьудуллъиги щулалъун, жеги гъункизарула нилъер миллатал.\nНаврузалъул байрам, бахӏарай иццухъе ячин, васасде цӏар ахӏи, тӏоцебе лъимер киниялда бущи, ригьнахъ ин гӏадал, анкьумумузулго батараб гӏадат-гӏамал бихьизабулеб фестиваль релълъун букӏана тӏогьол квацӏиялда. Церерахъиназе къимат кьолеб жюриги гӏуцӏун букӏана республикаялъул театралияб дунялалда машгьурал гӏадамаздаса. Соналдаса соналде театралияб искусство цӏубалеб бугин абуна гьез «Халкъияб» абураб цӏаралъе мустахӏикъал рукӏинги тасдикъ гьабулаго. Махщалил рахъ гуребги, жюриялъ лъикӏаблъун рикӏкӏана, гӏелаз гӏелазухъе кьун, халкъияб театралъул гьунарчагӏазда гьоркьор гӏолилал ва лъимал гӏахьаллъи."}
{"slug": "16890-rakig-urab-g-ansitukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16890-rakig-urab-g-ansitukh", "title": "Ракӏгъураб гъанситухъ", "date": "2022-04-07 10:31:36", "categories": ["lit"], "text": "Кигӏанги гьунар-махщел бугев чи хъулухъалдаса гӏодов чӏедал, гьев кӏочон толеб гӏадат буго. Нагагьги чи рекӏеда ватуларо гӏемерал соназ росдал, районалъул, республикаялъул гӏумру берцин гьабуразе баркала кьезе. Гьединаб, гӏемеразе мисаллъун рехсезе бегьулеб тадбир гӏуцӏун букӏана Чӏарада райадминистрациялъул, лъай кьеялъулгун культураялъул идараялъ гьал къоязда.\nМаданияталъул къо кӏодо гьабун, Цӏуриб культураялъул кӏалгӏаялъуб гӏуцӏараб тепси-сурпаялде ахӏун рукӏана кӏикъогоялдасаги цӏикӏкӏун, соназ росабалъ ва райцентралда хӏалтӏарал культураялъул ветеранал.\nГьеб гъасде ракӏараразулъ рукӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Цемериса Абакар Жамалудинов гӏадал, республикаялда машгьуралги, камилаб махщел бугониги цӏаразда хадур лъугьинчӏого рижараб ракьалдаго чӏаралги гьунарчагӏи. Щивас жиндир росдал хаслъи цӏуниялъе анцӏ-анцӏ сонал кьурал, жегиги жамагӏаталъул тадбиразда гӏахьаллъулел Гӏириса Гӏалиасхӏаб Гӏалиасхӏабов, Хьинуса Хӏажи Хӏажиев ва Ибрагьим Гӏабдулаев, кӏикъого соналъ культураялда хӏалтӏарал Цӏуриса Садрудин ва Патӏимат Хадулаевал, Гьочоса Мухӏамад Гӏумаров, Муккукьа Лаюзат Мухӏамадова, Мугурухъа Кусум Гӏисаева, Мощоса Зияудин Халикъов, Гьилиса Ибрагьим Шагӏбанов, Дорониса Зумруд Валиева тӏолалго магӏарулазда лъазе мустахӏикъал руго. Тадбиралда данделъарал киналго ветераназул цӏарал рехсон гьаниб хӏалги кӏвеларо.\nЦебесеб заман ракӏалде щвезабулаго, иргадал кодобе музыкалиял алатал росун, ватӏаналде рокьи загьир гьабулел кучӏдулги ахӏана гьез, жакъасеб культураялъул ахӏвалхӏалалъул биценги гьабуна. Цебесеб заман ракӏалде щвезабулаго, иргадал кодобе музыкалиял алатал росун, ватӏаналде рокьи загьир гьабулел кучӏдулги ахӏана гьез, жакъасеб культураялъул ахӏвалхӏалалъул биценги гьабуна.\nЩивасул цӏарги рехсон, кочӏол мухъаздалъун гьезие баркала загьир гьабуна тадбир нухда бачунез. Райадминистрациялъул рахъалдаса ракӏалдещвеялъе сайгъаталги культураялъул хӏалтӏухъабазул кочӏолаб саламалги щвана ветераназе."}
{"slug": "16891-teatr-bokulel-tsiikikiunel-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16891-teatr-bokulel-tsiikikiunel-rugo", "title": "Театр бокьулел цӏикӏкӏунел руго", "date": "2022-04-07 10:35:22", "categories": ["lit"], "text": "Рикӏкӏадал районазде сапарал гьаризе хӏисабалде босун буго исана Авар театралъ.\nХасалил ва ихдалил квачалъухъ балагьичӏого, Казбек районалде сапарал ризлъулел руго Авар театралъул. Гьениб чӏахӏиязулъги гӏисиназулъги цӏикӏкӏун тӏатунеб буго театралияб искусствоялде рокьиги. Араб анкьалъ гьениб бихьизабуна Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевас сценаялда лъураб лъималазул «Цӏогьор» ва чӏахӏиязе — «Маххул чӏужугӏадан» спектаклял.\nТеатралъул коллективалъулгун ракӏрагьарал дандчӏваял гӏуцӏаразе, спектаклязухъ балагьизе рачӏаразе «Хӏакъикъат» газеталдасан баркала загьир гьабеянги гьарана театралъул нухмалъулез.\nТеатралъул сапарал руго ДРялъул Культураялъул министерствоялъул «Мастера сцены жителям Дагестана», «Культура детям Дагестана» ва «Пушкинская карта» проектал гӏумруялде рахъинариялде руссарал.\nП. ГЬИТӏИНОВА."}
{"slug": "16892-magiarukh-gi-giumru-tiegaleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16892-magiarukh-gi-giumru-tiegaleb-bugo", "title": "Магӏарухъги гӏумру тӏегьалеб буго", "date": "2022-04-07 10:41:32", "categories": ["magiarukh"], "text": "Тӏегьалеб буго магӏарухъги гӏумру. Лъикӏлъулеб буго гьеб. Гьелдаго цадахъ тӏегьан рачӏунел руго мугӏрузул гӏадамалги. Жибго тӏабигӏатгицин гьимулеб буго гьениб, гьеб берцинаб лахӏзаталдаса хӏалхьоларого. Гьединаб гӏужалда ракӏ цӏала магӏарухъе. Гьениса гьалбал гӏемер щола газеталъул редакциялде, бицуна магӏаруллъиялъул берцинлъиялъулги магӏарулазулги хӏакъалъулъ. Гьаб нухалда нижее Шамил районалда цӏилъулеб ва цебетӏолеб бугеб гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана районалъул культураялъул, спорталъул, гӏолилазул политикаялъул рахъалъ ва туризмалъул отделалъул начальник Гӏабдулгъапур (Гъапар) Гӏабдулмухӏамадовас.\nГъапар (гьедин абун гурони, жив гӏадамазда лъаларилан абуна гьес, велъулаго. Дицаги Гъапарилан абун тела) культуралъул отделалда хӏалтӏулев вуго 42 соналъ. Гьезда гьоркьосаги – 22 соналъ культуралъул отделалъул начальниклъун.\nДун разияв вуго къисматалдаса\nКраснодаралъул культураялъул институтги лъугӏизабун, Гъапар хӏалтӏана районалъул культураялъул отделалда методистлъун. 10 соналъ вукӏана Кочубеялъул зонаялда букӏараб культураялъул централъул директорлъун. Гьеб къан хадув хӏалтӏана Кочубеялъул школалда музыкаялъул учительлъун.\nГъапарие бокьичӏо жиндриго хӏакъалъулъ гӏемер бицине. Гьес байбихьана районалда ругел церетӏеязулги маданияталда бугеб ахӏвалхӏалалъулги хӏакъалъулъ бицине.\n— Дун разияв вуго дирго къисматалдаса. Инсанасул гӏумруялъул магӏнаги ккола гӏадамазе хъулухъ гьабизе, гӏагараб халкъалъулги, росу-ракьалъулги, районалъулги рухӏияб гӏумру дирги гьитӏинабго бутӏа букӏиналъулъ. Нижер районалда кидаго цебетӏураб букӏана умумузул годекӏан. Гьениб гьоркьоса къотӏичӏого гьалделеб букӏуна умумузул гӏумру, – ян абуна гьес.\nМаданияб гӏумру гьалдолеб буго\nИсанасеб сон лъазабун буго рухӏияб ирсалъул Лъагӏеллъун. Гьеб бечелъи нижер районалда, гӏелаз гӏелазухъе кьун, щулалъун буго.\nБицен гьабизе бокьун буго районалда бугеб миллияб парталалъулги, кьурди-кечӏалъулги, гӏадаталгӏамалазулги хӏакъалъулъ.\nЩибалъул жиндирго хаслъи бугеб ичӏго костюм буго районалда цӏунун хутӏун (гьид, къел, гьооркъехӏ, бакълъулал…)\nРайоналъул маданияталда цӏунун хутӏун руго Ругъелдаса Аминат Давудовалъул ва гьелъул яц Узлипатил цӏарал. Гьез кӏудияб бутӏа лъуна районалда фольклор цӏилъиялъе ва цӏунун хутӏиялъе.\nГьединго рехсезе рокьун руго цӏунун хутӏун ругел миллиял музыкалиял тӏагӏелалги – зурма, чагур, хъумуз, чагъана, щвантӏих. Гьезда бакънал рачине лъала Мачӏадаса Мухӏамад Мухӏамадовасда (Ачилаевасда).\nРайоналда буго «Дагъбаш» абураб фольклорияб ансамбль. 1972 соналда гьелъие кьуна халкъиябилан абураб цӏарги. Исана ансамблялъе гьеб цӏар кьуралдаса тӏубалеб буго 50 сон. Тӏоцебе гьелъие нухмалъи гьабуна Россиялъул культуралъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Расул Мухӏамадовас. 1972 соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабуна Хӏажи Мухӏамадовас. Гьесул бергьараб гьунар букӏана зурма пузе.\nРайоналда буго 14 машгьураб кьурдиги. Щибалъул буго жиндирго хаслъиги. Щибаб росулъ руго зурмихъаби, палугьаби, кочӏохъаби. Рехсезе бокьун буго искусствабазул школаги.\nИсанасеб сон Фазул Лъагӏеллъунги лъазабун бугелъул, гӏуралго тадбирал тӏоритӏизе ракӏалда буго, шагӏир кӏодо гьаюрал. Хӏадурлъулел руго Микьигьориб росулъ тӏобитӏизе бугеб Даку Асадулаевасул юбилеялде. Нилъерго Хӏамзатил Расулги кӏочон гьечӏо. Хӏадурлъи гьанжего гьабулеб буго гьесул 100 сон тӏубаялде.\nБашкорстаналда гӏумру гьабун вуго Гӏуриса Мухӏамадхӏабиб Султӏанмухӏамадов. Ракӏалда буго гьениб бугеб «Дагъистан» абураб культурияб централда Мустай Каримил ясалъулгун дандчӏвай тӏобитӏизеги Мухӏамадхӏабибил квербакъиялдалъун.\nБашкорстаналда гӏумру гьабун вуго Гӏуриса Мухӏамадхӏабиб Султӏанмухӏамадов. Ракӏалда буго гьениб бугеб «Дагъистан» абураб культурияб централда Мустай Каримил ясалъулгун дандчӏвай тӏобитӏизеги Мухӏамадхӏабибил квербакъиялдалъун.\nГьудуллъиялъул чапар\nСпорт кидаго букӏана ракълил ва гьудуллъиялъул чапарлъун. Жакъа гӏадаб хӏалуцараб къоялда спорт дагьабги цӏилъана. Гьелъ дагьалги цӏикӏкӏун гъункизарула гӏадамал, гӏолилал цолъизариялъе гьелъул буго жавабчилъи кӏудияб кӏвар. Районалда гӏемер тӏоритӏула спортивиял тадбирал. Кӏочон гьечӏо спорталъул миллиял тайпабиги.\nМасала, Гьолокь росулъ санайил риччала чуял, районалъул машгьурал гӏадамазул юбилеязул хӏурматалдаги ва цогидал байрамазеги сайгъат гьарун. Гьабсагӏаталда цебетӏолеб буго рафтинг – русбузда лъедей, Хӏебдаса бахъараб Гьолокье щвезегӏан.\nГьенибго букӏуна Рафтингалъул чӏинкӏиллъи абураб цӏар лъураб спорталъул тайпаги – Кьилимагӏардаса Игирагӏалде роржуна парашютазда\nКӏудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго тадбир гӏуцӏизе ва тӏобитӏизе кумек гьабулеб республикаялъул Парусалъул спорталъул федерациялъеги.\nТалихӏаб букӏинеселъул кӏулал кодор ругел ирсилал\nЖакъа гӏун бачӏунеб гӏелалъул кодоб буго Ватӏаналъул букӏинесеб. Кин жакъа нилъеца, чӏахӏияб гӏелалъ, гьел куцаниги, гьединаб букӏине буго Ватӏаналъе гьез кьолеб жавабги.\nГьединлъидал гьаб хӏабургъараб ва хӏалуцараб заманалда кӏудияб кӏвар кьезе ккола гӏолилазе битӏараб рухӏияб тарбия кьеялде. Исанасеб соналдаги абизе бегьула рухӏияб бечелъиялъул Лъагӏелилан (Год нематериального наследия). Цӏидасанги тӏад руссине ккезе руго магӏарул годекӏабахъ бижараб гӏакъиллъиялъухъе. Гьенирлъидал лъадарулел рукӏарал умумуз гӏолилал васал. Гьоболлъи базе ккола умумузул гъанстодухъги. Гьенир тӏоцере рагӏула гӏолилай ясалда улбузул дарсал. Гьеб киналъулго кьучӏалда тӏегьан бачӏуна ватӏаналдеги гьелъул гӏадатал-гӏамалаздеги рокьи. Тӏоцебе кинидахъ рагӏараб эбелалъул кочӏода цадахъ гьезухъе бачӏуна миллияб кочӏоде рокьиги. Сундулго аслу – рокьи. Тӏоцебесеб иргаялда, Ватӏаналде, гӏагараб росдаде, росдал гӏадамазде, гӏагарлъиялде. Цинги — гӏадатазде, рукӏа-рахъиналде. Ва хадубги – хутӏарабщиналде.\nЖакъасел гӏолилал руго батӏияб ва захӏматаб заманалъул вакилзаби. Районалъул гӏолилазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏиги гьоркьоса къотӏуларо. Щиб тӏадкъаниги, ракӏбацӏцӏадго тӏубазабула гьез.\nРайоналда буго волонтеразул къокъа. Киб, сундулъ ва лъие кумек хӏажалъаниги, бищун цере аскӏор чӏола гьел. Дагьаб цебегӏанги Украинаялъе гьабулеб кумекалъулъги гьез бихьизабуна жигараб гӏахьалчилъи.\nГӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏул бищунго жигаразул цояйлъун рикӏкӏине ккола районалъул «Цолъи» газеталъул редактор Патӏимат Мухӏамадова. Газеталъул кумекалдалъунги жиндирго ва коллективалъул хӏаракаталдалъунги гьелъ гьабулеб буго цӏакъ пайдаяб хӏалтӏи гӏолилазда гьоркьоб.\nГьединго районалъул щибаб росдал библиотекаялдаги клубалдаги данделъула гӏолилал, умумузул гъасде цадахъ сапар бухьине.\nРайон гьалбадерил бераздалъун\nШамил районалда буго цӏакъ берцинаб тӏабигӏат. Гьеб чӏаголъун бачӏуна, гьалбал рихьараб мехалда. Ахирисел соназ Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гъоркьиса Шамил районалде вачӏун вуго 70 азарго турист. Гьезие шартӏалги чӏезаризе ккеларищха. Тӏоцебесеб шартӏ — гьуинаб гьимиялъул рагьарал гьурмалги гьединалго ракӏалги. Гьелдаса кӏудияб сайгъат гьалбадерие букӏунаро. Цинги хадуб — хутӏарабщинабги.\nРайоналда бан буго микьго гьалбадерил рукъ. Хӏалтӏулеб буго кӏиго турбаза. Цо гьалбадерил рукъалда цӏар буго «Затеряный рай» абураб.\nГьалбал разиго хутӏула нижеца жидее гьабулеб хъулухъалдаса. Гьединго гьел хӏикмалъизарула районалъул тӏабигӏаталъги. Хасго гьезие асар гьабула гьенир ругел басриял сияз. Бахиллъула гьалбал, нилъер гӏадамазул гӏаданлъиги гӏадатлъиги бихьун.\nЖеги гӏемераб жо бицана Гъапарица гӏагараб районалъул хӏакъалъулъ. Гьесул хӏалхьолеб букӏинчӏо гьелъул берцинлъиялъулги ва районалъ республикаялъул маданияталъул тарихалда толеб бугеб гвангъараб къисаялъулги хӏакъалъулъ бицун. Гьаб гьитӏинаб макъалаялда гьес бицанщинаб хъван бажариларо. Гӏабдулгъапур Гӏабдулмухӏамадовасда цадахъ Шамил районалде гьабураб гьитӏинабго сапаралъ диеги кӏудияб асар гьабуна Шамай ХЪАЗАНБИЕВАЖеги гӏемераб жо бицана Гъапарица гӏагараб районалъул хӏакъалъулъ. Гьесул хӏалхьолеб букӏинчӏо гьелъул берцинлъиялъулги ва районалъ республикаялъул маданияталъул тарихалда толеб бугеб гвангъараб къисаялъулги хӏакъалъулъ бицун. Гьаб гьитӏинаб макъалаялда гьес бицанщинаб хъван бажариларо. Гӏабдулгъапур Гӏабдулмухӏамадовасда цадахъ Шамил районалде гьабураб гьитӏинабго сапаралъ диеги кӏудияб асар гьабуна\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "16894-gasul-tsiar-daiml-ana-rossiyal-ul-khiurmatal-ul-kh-orshchoda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=16894-gasul-tsiar-daiml-ana-rossiyal-ul-khiurmatal-ul-kh-orshchoda", "title": "Гьасул цӏар даимлъана Россиялъул Хӏурматалъул хъорщода", "date": "2022-04-07 11:09:21", "categories": ["obrazovanie"], "text": "«Доска почета России» абураб федералияб электронияб сурсаталда цӏар хъвай рикӏкӏуна пуланав чиясе тӏолгороссиялъул жамгӏияталъ кьолеб тӏадегӏанаб къиматлъун. Гьеб сияхӏалда цӏар хъвазе мустахӏикълъана «Возрождение» абураб хасаб лъай кьеялъул идараялъул директор, психологиял гӏелмабазул кандидат, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул психологиялъул кафедраялъул профессор, ДРялъул мустахӏикъав учитель, РФялъул Гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан, гӏемерал гӏелмиял макъалабазулгун школалъе ва байбихьул классазул учительзабазе хӏадурарал цӏалул тӏахьазулгун методикиял пособиязул автор, Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи Мухӏамадхӏабиб Халидов.\nМухӏамадхӏабиб Халидов ккола Шамил районалъул Гӏуриб росулъа. Микьго класс лъугӏидал, цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул педучилищеялде. Гӏолохъанав учитель кӏиго соналъ хӏалтӏана росдал школалда байбихьул классазул учительлъун ва 1980 соналда цӏализе ана Тарас Шевченкол цӏаралда бугеб Киевалъул пачалихъияб университеталъул философиялъул факультеталде. Хӏалтӏана ДРялъул Культураялъул министерствоялда, ДГПИялъул психологиялъул кафедраялда ва 1988 соналъул октябралда цӏализе лъугьана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул психологиялъул кафедраялда цебе бугеб аспирантураялде. 1991 соналда цӏунана психологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.\nДГПИялда хӏалтӏулаго, М. Халидов вукӏана Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб ДНИИПалъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъунги. 1994 соналда гьес Махӏачхъалаялда рагьана «Прогимназия – гимназия – лицей» абураб лъай кьеялъул комплекс. 2009 соналда лъугӏизабуна Россиялъул лъай кьеялъул академиялъул докторантура. Лъагӏалидасан гьев къабул гьавуна ДГПУялъул психологиялъул кафедраялда доцентлъун ва 2015 соналда – гьебго кафедраялъул профессорлъун.\n2011 соналда М. Халидовас рагьана «Возрождение» абураб живго бетӏергьанаб школа ва гьабсагӏаталда вуго гьелъул директорлъунги ДГПУялъул психологиялъул кафедраялъул профессорлъунги.\nКӏудияб гӏелалда ракӏалда батила, Махӏачхъалаялъул Ленинил къотӏноб букӏараб №2 гьоркьохъеб школалъул къисмат. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда рагъулаб госпиталь жаниб букӏараб гьеб школаги къан, тахшагьаралъул бетӏерас гьениб гӏуцӏана ГЕРЦ. Гьабсагӏаталда гьениб буго РФялъул Цӏех-рехазул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управление. Мухӏамадхӏабиб Халидовасин абуни школа рагьана – риххун унел рукӏарал бакӏалги цӏи гьарун, гьелги ижараялъе росун, ва ижараялъухъ мухь хӏисабалда республикаялъул бюджеталде жакъа гьес щибаб моцӏалъ кьола 970 азаргогӏанасеб гъурущ. Гьесул школалда вуго 700 цӏалдохъан ва 106 хӏалтӏухъан (гьезда гьоркьов 68 учитель).\nБайбихьул школалъул завуч Патӏимат Гӏисаева 1994 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Мухӏамадхӏабибида цадахъ. «Прогимназия рагьараб мехалда, гьелда аскӏоб бугеб лъималазул ахил тарбиячӏужулъун йикӏарай дун цадахъ хӏалтӏизе ахӏана М. Халидовас. Йикӏана гьес рагьараб прогимназиялда тарбиячӏужулъун. Хадубккун, битӏахъе кинабго хӏалтӏи рукӏалиде ккезабураб заманалда, директорлъун тӏамуна батӏияй гӏадан. Гьелдаги Мухӏамадхӏабиб Мухӏамадовичасдаги гьоркьоб букӏана зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб гӏадаб батӏалъи. Масала, прогимназиялда цӏализарулаан батӏибатӏияб рес бугел хъизамаздаса лъимал. Эбел-инсул гӏарцухъ лъимал цӏализарулел ругин абун, Халидовас нижехъа киданиги тӏалаб гьабичӏо гьезие лъикӏал къиматал лъеян абун. Цогоял тӏалабал рукӏана киналго цӏалдохъабазде. Цӏияй директоралъ байбихьудасаго бихьизабуна, цӏалдохъанасул хъизамалъул ресалде рекъонкколеллъун, яги тӏад ругел хӏакимзабазул разилъи щолеллъун рукӏине кколеблъи. Гьединаб къагӏидаялда хӏалтӏулаго, цӏакъ захӏмалъула ритӏухълъи цӏунизе. Гьединлъидал Мухӏамадхӏабибица цӏияб школаги рагьизе бугин, хӏалтӏизе ячӏинарищан абидал, разиго нахъе ана дун доб школалдаса», — ян бицана завучалъ.\nГьелъ ракӏалде щвезабуна школа рагьизехъин бугеб Радиотоваразул заводалъул мина бихьизе рачӏараб мехалда (прогимназиялдаса ункъо педагог вачӏун вукӏана гьениве), гьаб бакӏалда школа рагьун бажаруларин абун, кӏигоял нахъе аниланги. «Аскӏор ругел гӏемертӏалаял минабазухъа гӏадамал дандецин рахъун рукӏана, гьениб школа хӏажат гьечӏинги абун. Амма директор къуркьичӏо. Гӏадамал рекъезаризе гӏажаибаб гьунар буго гьесул. Гӏемераб рищни баччизе ккана нахъе. Къачӏана азбар, сверухълъи, рохьана къадал, чӏана гъутӏби. Гьаб бакӏ берцинлъулебги бихьун, чучана мадугьалзабиги – тӏаса лъугьаян гьаризеги рачӏана гьел», — ян бицана Патӏиматица.\n«Гьаб школалде ячӏаралдаса нахъе дица байбихьана педагогазул бажари-гьунаралъул цӏех-рех гьабизе. Тӏоцебесеб соналъул аслияб хӏалтӏи букӏана гьеб. Лъабго-ункъо моцӏалъ хьвадана дарсазде – учителасул хӏалтӏухъ халгьабизе, гьезул методикаялъухъ балагьизе. Хадуй хьвадана, учителасул хӏаракаталъе цӏалдохъабаз кьолеб жаваб лъазабизе. Гьаб школалда ругел тӏалабал данде кколареблъи бичӏчӏарал учительзаби жалго нахъе ана гьаниса. Гьабсагӏаталда бугеб коллективалдаса рази руго ниж. Гьеб кинабго гьабизе дида тӏадкъана директорас – гьеб буго гьес инсанасде, хӏалтӏухъанасде гьабулеб божилъиялъул мисал.\nНилъер школалъе гьаб къагӏида хӏалтӏизабизе лъикӏан абун, аскӏове вачӏарав чиясухъ гӏенеккизеги, щивасул пикруялъулъ пайдаяб къатӏраниги батизеги, цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги мурад-анищ бичӏчӏизеги – сундуего пагьму-гьунар Аллагьасго кьурав инсан вуго Мухӏамадхӏабиб Мухӏамадович. Педагогасе лъай камил гьабизе ине кканиги, цӏалдохъабигун сапар гьабиялъеги, батӏи-батӏиял къецазда гӏахьаллъизеги ихтияр кьола директорас. Гьединаб хӏаракаталъе гьес гъирабазабазула премия яги сайгъат кьун, педагогазул данделъиялда реццбакъ гьабун.\nШколалда гӏуцӏун руго цӏалдохъабазе камилаб лъай кьеялъе киналго шартӏал – махщел тӏокӏал учительзаби, цӏалулгун методикиял ва художествиял тӏахьал, дарсаздаса хадур рукӏунел тадбирал. Масала, Москваялдаса вачӏинавун вукӏана физикаялъул учитель. Байбихьул школалъул учительзабазул лъай камил гьабизе чанцӏулго гьанире ахӏана Валентина Мукина, Татьяна Меркулова ва цогидалги.\nУчителасул цебетӏеялъулъ халлъараб цо гьитӏинабго жоцин кӏодо гьабула М. Халидовас. Гьелъухъ сайгъат кьола, учитель вохизавула. Жеги лъикӏ хӏалтӏизе гъирабазабула. Гьединго кӏодо гьарула цӏалдохъабиги», — ян бицана гӏемерал соназ Махӏачхъалаялъул №5 лицеялда завучлъун хӏалтӏарай ва гьанже «Возрождениялъул» чӏахӏиял классазул завучлъун йигей Султанат Гӏарабовалъ.\nДун талихӏав вуго\nШкола жеги «гӏолохъанаб» бугониги, руго гьелъул гӏадатлъун лъугьарал байрамалги тадбиралги. Цӏалул рахъалъ босани, гьел ккола киналниги школазе хасиятал предметиял анкьалги моцӏалги. Школалъул жанахӏалъул къадазда ран руго щибаб предметияб анкьил заманалда цӏалдохъабаз хӏадурарал къадал газетал. Руго гьенир дарсаздаса хадусел тадбиразда хӏадурарал тӏагӏелалаталги. Байбихьул ва гьоркьохъеб школазул корпусазда ратана «Донбассалъе кумек» абурал бокӏонал: столаздагун бакӏазда сокӏкӏун ругоан цӏалдохъабаз рачӏарал сайгъатал – кванил нигӏматал, расанкӏаби ва гь.ц.\n«Дун талихӏав вуго учителасул махщел тӏаса бищиялдаса – гьеб букӏана дир кидагосеб анищлъун. Вохула анищ гӏумруялде бахъинабизе Аллагьас къуват кьеялдасаги.\nДир кидагосеб мурад буго «сверухъ ругел гӏадамал рохизариялдалъун Аллагь рази гьаве» абураб пикруялда рекъон гӏумру гьаби. Гьелъ кумек гьабула нилъеда тӏадаб масъала тӏубазабиялъе – гӏолеб гӏелалъе лъайгун тарбия кьеялъе. Гьеб жавабияб ишалъулъ дие кумекалъе ратана пикруцоял, лъималазде рокьи камилал, махщел тӏадегӏанал гӏадамал. Учительзабазул лъай камил гьабиялъе, масала, хӏалтӏизарула Москваялда, Петербургалда ва цогидал гӏелмиял централлъун кколел шагьаразда ругел махщелчагӏи. Гьабсагӏаталда нижер щулияб бухьен буго Москваялъул «Точка ПСИ» абураб Психологиягун цадахъаб лъай кьеялъул централъулгун. Гьез школалда тӏоритӏула семинарал, мастер-классал, малъула теория ва бицуна лъай кьеялда ккарал цӏи рагьиязул хӏакъалъулъ. «Точка ПСИ» абураб централъги «Возрождениялъги» къотӏиги гьабун, школалда рагьана «Школалъул методикияб лаборатория» — гьелъул аслияб мурад буго гьанже заманалъул пикруялъул педагог хӏадури, проектияб хӏаракаталъе ругьун гьари.\nШколалда руго шахматазул, IT-технологиязул, дизайналъул, актерлъиялъул, гӏагараб ракь лъазабиялъул ва цогидалги кружокал, спорталъул тайпабазул секциял», — ян бицана Мухӏамадхӏабиб Халидовас.\n«Возрождениялда» гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ гӏемер бицине бегьула. Рецц-бакъалъе мустахӏикъаблъун батана гьелъул тӏолабго коллективги цӏалдохъабиги (масала, 2020- 2021 цӏалул соналъул хӏасилалда 10 цӏалдохъан мустахӏикълъана меседил медалалъе; гьезул гӏемерисел цӏализе лъугьана Москваялъул ва Петербургалъул вузазде). Школалъ басмаялде бахъула жидерго журналги – берцинаб, цӏалдохъабаз рахъарал кьер-кьерал сураталги методистазул пайдаял баяналги ругеб.\n«Дир гӏадинав вац лъилниги ватиларо – меседил квералги Аллагь разияб гӏамалги бугев. Гьесги дир вацал-яцазул лъималазги кумек гьабуна гьаб школа къачӏазе – жалго хӏалтӏун. Гьудул-гьалмагъзабаз баччана гьаниса нахъе рищни. Магӏарухъ цере минаби ралаан, жамагӏатги данделъун. Гьедин гӏуцӏараб буго дир гьаб школаги – гӏемерисеб хӏалтӏи гьабуна чӏобого.\nГьеб буго дир гӏумру, дир анищ, дир мурад. Шукру Аллагьасе, дир анищалда рекъараб школа базеги рекӏел мурад тӏубазеги квербакъана Бетӏергьанас», — ан бицана М. Халидовас.\nКватӏичӏого буго Мухӏамадхӏабиб Халидов гьавураб къо. «Хӏакъикъаталъ» гьесда ракӏ-ракӏалъ баркула ва гьарула сундулъго икъбал.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "17005-skfoyalde-giammab-tur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17005-skfoyalde-giammab-tur", "title": "СКФОялде гӏаммаб тур", "date": "2022-04-14 08:25:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "30 апрелалдаса байбихьун 28 маялде щвезегӏан анкьида жаниб кӏиго нухалъ (арбагӏалъги шаматалъги) Москваялдаса самолетал роржине руго Дагъистаналде туристазулги рачун. Гьедин бицана 13 апрелалда ТАССалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда «Интурист» компаниялъул генералияв директор Виктор Тополкараевас.\nТуризмалъул хӏакъалъулъ бицунеб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Россиялъул регионазул цо-цо губернаторалги, Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовги, Ростуризмалъул нухмалъулей Зарина Догузоваги, цогидалги.\n«Интуристалъ» гьединал рейсал Дагъистаналде тӏоцере гьаризехъин руго. Гьединго гьел ине руго Чачаналдегун, Ингушетиялде. Виктор Тополкараевас абуна рекӏадухъ багьаги 1,5-2 нухалъ дагьаб букӏине бугилан. СКФОялъул республикабазде гьабулеб, микьго къоялъ халатбахъунеб гӏаммаб тур букӏине буго гьеб.\nМоскваялдаса Махӏачхъалаялде гьарулел гьел рейсазул кӏудияб кӏвар букӏинин республикаялъеян абуна Сергей Меликовасги. Щайгурелъул риидал Москваялдаса Махӏачхъалаялде роржине цӏакъ захӏмалъула белталги хиралъун. Гьединлъидал хӏухьбахъизе рачӏунел туристал гьел самолетазда рекӏани, цогидаб мурадалъ (рокъоре щвезе яги хӏалтӏул ишалъ) республикаялде рачӏунел гӏадамазе бигьалъи лъугьинаан."}
{"slug": "17007-105-sonilab-tarikhgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17007-105-sonilab-tarikhgun", "title": "105-сонилаб тарихгун", "date": "2022-04-14 08:28:45", "categories": ["barkiyal"], "text": "Хӏурматиял редакциялъул хӏалтӏухъаби!\n«Заман» абураб цӏаралда гъоркь (гьанже – «Хӏакъикъат») магӏарул мацӏалда тӏоцебесеб республикаялъул газета къватӏибе бачӏана 1917 соналъул лъабабилеб апрелалда Темир-Хан-Шураялда.\n105-сонилаб тарих нахъа тараб газета лъугьун буго республикаялъул цӏияб гӏумруялда ккарал киналго лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ магӏарулазе бицунеб аслияб алатлъун. Гьелда гӏатӏидго бицуна гьеб рахъалъ республикаялъул нухмалъиялъ гӏумруялде бахъинабулеб политикаялъул хӏакъалъулъги. Машгьурав революционер Махӏач Дахӏадаевасги Шамил имамасул вас Мухӏамадшапигӏил яс Написатицаги хӏадурулеб букӏараб ва Рагъулабгун революциялъулаб комитеталъул (ВРК) политика халкъалда бичӏчӏизабулеб идара хӏисабалда газеталъ рахъкколаан зулмуялъукь рукӏарал магӏарул мискинзабазул, ва гьединлъидал гьеб хехго машгьурлъана захӏматчагӏаздагун рекьарухъабазда ва чаракъосиналъ бечедал чагӏазда цере мухьдахъ хӏалтӏизе ккарал гӏадамазда гьоркьоб.\nСССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул хӏукмуялдалъун, Дагъистан АССРалъул социалиябгун экономикияб ва культурияб цебетӏеялъулъ лъураб бутӏаялъухъ ва газеталъул 50-сонилаб юбилеялда бан, 1968 соналда «Багӏараб байрахъ» газета мустахӏикълъана «Хӏурматалъул гӏаламат» орденалъе ва 1978 соналда – РСФСРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.\nИсана газеталъ тӏубана 105 сон, ва жакъаги гьеб хӏалтӏулеб буго Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб жамгӏияталда дандчӏвалел магӏишатиялгун политикиял ва социалиялгун экономикиял, республикаялъул нухмалъиялъ СМИязда цере лъурал масъалаби тӏуразариялда тӏад.\nБаркула редакциялъул хӏалтӏухъабазда газеталъул 105-сонилаб байрам ва гьарула магӏарул халкъалъул миллиябгун маданияб хаслъи цӏуниялъеги гьеб цебетӏезабиялъеги гьабулеб хӏаракаталъулъ икъбал.\nХӏурматгун\nГӏабдуразакъ Жамалудинов, ДРялъул Информациялъулгун печаталъул агентствоялъул нухмалъулев."}
{"slug": "17008-kriptokabinabigi-virtualiyal-atsalgi-khachtia-kh-utanaldasa-internetgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17008-kriptokabinabigi-virtualiyal-atsalgi-khachtia-kh-utanaldasa-internetgi", "title": "Криптокабинабиги, виртуалиял АТСалги, Хачтӏа хъутаналдаса интернетги", "date": "2022-04-14 08:30:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда «Ростелеком» ПАОялъул Дагъистаналда бугеб филиалалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда данде росана гъоркьиса гьез гьабураб хӏалтӏул хӏасилал.\nЖурналисталгун дандчӏвана филиалалъул нухмалъулев Руслан Ярахӏмадовги цифровияб цебетӏеялъул рахъалъ ДРялъул министр Юрий Хӏамзатовги.\nБайбихьуда министрас бицана шагьараздаса рикӏкӏад ругел нусгоялде щвезегӏан чияс гӏумру гьабулел росабалъ сотовияб бухьеналъул вышкаби лъезе хираго чӏолелъул, гьениб интернет УЦН (устранение цифрового неравнства) программаялъул кумекалдалъун пачалихъалъ чӏезабулеб бугин.\nМасала, гъоркьиса декабралдехун интернет бачун буго республикаялъул 40 районалъул 309 росулъе. Школазда, тукабазда, росабазул администрациязда гӏагарлъухъ чӏобого интернеталъул сигнал бачӏунел точкабиги лъун. 2019 соналдаса нахъе росабалъ пайда босун буго 400 терабайталдаса. Бищун гӏемер гьеб хӏалтӏизабун буго Гъизляр районалъул Сангиши, Дахӏадаев районалъул Шадни, Цӏумада районалъул Хъварщи росабалъ.\nРуслан Ярахӏмадовас бицухъе, гӏисиналин ккарал цо-цо росабалъ тӏубараб республикаялъцин пайда босуларебгӏанасеб трафик хӏалтӏизабун батулеб буго. Масала, хъутаналъул ракьалда бугеб Хунзахъ районалъул Хачтӏа росу рехсана гьениб цӏикӏкӏун интернеталдаса пайда босулеб бакӏ хӏисабалда. Сбербанк-онлайнгун пачалихъиял хъулухъазул сайталде раккизе къваригӏаралги, фильмабазухъгун концертазухъ балагьизе бокьаралги, соцсетаздаса гӏебеде «тира-сверулел» рукӏунелги – киналго цо точкаялда аскӏоре ракӏарулила.\nГьанже къватӏисел пачалихъаз санкциялги лъазарун, Россиялда лъугьараб ахӏвал-хӏалалда бан журналистаз кьураб суалалда тӏасан Р. Ярахӏмадовас абуна жидее гьелъул хӏинкъи гьечӏила. Цо компаниялъулгун иш данде ккечӏони, цогидазулгун гьабулила гьоркьоблъи. Жидер интернет хиралъун гьечӏинги абуна гьес.\nИнтернеталъул кумекалдалъун гьеб компаниялъ гьарулел хъулухъазул цояб ккола «Умный дом» абулебги.\n«Сон-церекъад мугӏрузул цо росулъе щун вукӏана дун. Гьенир гӏумру гьабулел рос-лъадуца жидерго телефоналдасан бихьизабуна дида жидецаго телефоналдасан пылесосги, кондиционерги, цогидаб техникаги биччалеб куц. Вахӏ, гьаб лъица нужее гьабурабилан гьикъидал, шагьаралда вугев васасилан жаваб кьуна гьез. Гьединлъидал шагьаралдайин, росулъин абун батӏалъи гьечӏо – кирго чӏезарулел руго гӏадамаз жидеего бигьалъаби. Гьелдаго релълъарал «Умный» жал жеги руго – счётчикал, домофон, шлагбаум», — илан бицана Ярахӏмадовас.\nГъоркьиса цӏакъ гӏемер чияс лъун ругоан «Виртуалиял АТСалги». Гьел ккола интернеталъул кумекалдалъун хӏалтӏулел квар бугел телефонал (цере рукӏарал гӏадал). Бизнесалъе цӏакъ санагӏатал жал рагӏула гьел, киналго звоноказулги гӏадамазул кӏалъаязулги хъвай-хъвагӏаял гьарулеб. 214 абонентас лъун буго гъоркьиса АТС.\n«Ростелекомалъул» пресс-секретарь Лейла Мухӏамадовалъул рагӏабазда рекъон, «Виртуалияб АТС» лъун буго Азербайжаналъулгун гӏорхъода, Ахти районалъул Фий росулъ.\n«Иххал щванщинахъе тӏубанго бухьенги канлъи къотӏулеб букӏун, администрациялъе кумекалъе АТС лъун буго гьениб. Гьединлъидал гьанже Москваялда вугониги, Бакуялда вугониги, администрациялъул бетӏерасда лъала росулъ бугеб ахӏвал-хӏал. Телефоналда бугеб хасаб приложениялдасан виртуалияб АТСалда жанивеги ваккун, жиндихъе рачӏанщинал звоноказухъ гӏенеккула гьев. Кабинеталда вугевго гӏадин хӏалтӏул суалалги тӏурала», — ян бицана Л. Мухӏамадовалъ.\nБизнес-компаниязгун пачалихъиял гӏуцӏабаз видеокамераби лъейги 38 проценталъ цӏикӏкӏун буго гъоркьиса. Масала, Цӏунтӏа, Дахӏадаев, Табасаран ва цогидал районазул администрацияз лъун буго 167 камера. Гьебго заманалда «Видеонаблюдение» лъун буго Махӏачхъалаялдасаги Дербенталдасаги 850 чияс.\nГъоркьиса гӏумруялде рахъинарурал чӏахӏиял проектазул цояб ккола республикаялъул шагьаразда МФЦязда жанир лъурал криптокабинаби. Гьелъул магӏна ккола, интернеталдасан гӏарзаги кьун, щвараб штрих-кодалда рекъон, жанивеги лъугьун чияс килщазул расенги паспорталъул суратги жиндицаго бахъулеб букӏин. Гьелъ бигьалъизабула МФЦязул хӏалтӏи (гӏадамазул иргабиги дагьлъула).\nГьединал криптокабинаби Чачан Республикаялдаги лъун руго «Ростелекомалъ».\nПандемиялъул заманалда «горячая линия» гӏуцӏиялъеги кумек гьабуна гьеб компаниялъ. Лейла Мухӏамадовалъ бицана азарго чияс ахӏараб мехгицин букӏунаанила. Гӏадамаз гьикъулеб букӏун буго дарабазул, кинал больницабазде кин къабул гьарулелали, ковидалъ унтаразе чӏезарурал бигьалъабазул хӏакъалъулъ. Гьанжеги буго гьединабго «линия», амма санкциял лъазарун хадур эхеде арал багьабазда тӏасан гӏадамаз гӏарзал рахъулел руго."}
{"slug": "17010-stels-omikronaldasa-tsiunize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17010-stels-omikronaldasa-tsiunize", "title": "Стелс-омикроналдаса цӏунизе", "date": "2022-04-14 08:35:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 12 апрелалда Сергей Меликовас тӏобитӏана ковидалда данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул данделъи.\nГьелъие гӏиллалъун ккана кватӏичӏого вирусалъул цӏияб штамм — «стелс-омикрон» — тӏибитӏизе бегьулин абурал харбал тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцунел рукӏин. Китаялда баккун буго гьеб унти гьанжеги.\nГьединго вакцина гьабуразул къадаралъулги бицана гьеб данделъиялда. 12 апрелалдехун гьеб гьабун буго 1 337 656 чияс (74,3 процент). Нагагь вакцина гьабизе ракӏалде ккарал чагӏазе хӏажалъани, 116 азарго дозаги буго нахърателалда.\nС. Меликовас баркала кьуна гӏемер чияс вакцина гьабурал Хьаргаби, Гумбет, Догъузпара, Хив, Курах ва Сергохъала районазе.\nСахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ бицана гьабсагӏаталда гьеб унтудаса сах гьавизе вегизавун вугин 86 чи, 11 чи реанимациялдаги вугила. Гьелъ бицухъе, кислородалъул рахъалъги щибго къварилъи гьечӏо. Москваялъул сахлъи цӏуниялъул департаменталдаса битӏун бачӏараб 10 азарго хасаб (защитный) костюмги бикьун буго больницабазда гьоркьоб."}
{"slug": "17011-tsural-bitsuneb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17011-tsural-bitsuneb-bugo", "title": "ЦУРалъ бицунеб буго…", "date": "2022-04-14 08:41:57", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 апрелалда Махӏачхъалаялда ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Хӏасановас тӏобитӏараб данделъиялда ЦУРалъул (центр управления регионом) нухмалъулев Мухӏамадсултан Гӏабдуралимовас бицана гьезухъе гӏарзахъдулел дагъистаниязул рахӏат хвезабулел суалазул хӏакъалъулъ.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гьел ккола чара гьечӏого къойилго хӏажалъулеб къайи-цӏаялъухъ ругел багьабиги аптекабазда дараби рати-ратунгутӏиги.\nГьедин хъвалеб буго ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул Телеграмалда бугеб каналалда."}
{"slug": "17012-dollar-k-varigiarab-zhotsin-guro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17012-dollar-k-varigiarab-zhotsin-guro", "title": "«Доллар къваригӏараб жоцин гуро»", "date": "2022-04-14 08:43:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "Газеталъул цересел номеразда нижеца хъван букӏана республикаялда кванил нигӏматазухъ ва цогидабги къайи-цӏаялъухъ багьаби хиралъиялъул хӏакъалъулъ. Цӏидасан такрар гьабичӏониги, щиб гӏиллаялдалъун кинабго жо хиралъарабали нужедаги лъалеб батила. Долларалъул багьа сабаблъун — гьеб букӏана аслияб гӏилла. Амма доллар цӏидасанго гӏодобе кканиги, багьаби гъодинго хутӏана. Щай гьедин бугеб?\nГьеб суалалъе жаваб балагьизелъун сапар бухьана Махӏачхъалаялъул №2 базаралде.\nНасраниязул кӏалбиччанкъо сабаблъун\nИх тӏаде щун букӏин якъинго загьир гьабулеб бакӏлъун бугин абизе бегьула базарги. Гьадинаб гӏужалъ гьарзаго букӏуна гьениб гӏурччинлъи: гъаран-пурчч, редиска, пер ва цогидабги. Амма багьабаз «бухӏизабулеб» буго. Помидоралъул кило 200 гъурщидаса гӏодобе гьечӏо, бищун хирияб — 250 гъурщидеги буго. Щай гьедигӏан хираго бугебин гьикъидал, йичарухъаналъ абуна байрамкъоял гӏагарлъулел рукӏиндал бахараб багьа бугин гьебилан.\n— Насраниязул Пасха тӏаде гӏунтӏулеб бугелъул, хиралъана. Гьаниса Москваялде уна кӏудияб къадар помидоразул бичизе. Долларалда бараб жоги щибго гьечӏо.\n— Долларалда бараб жо батичӏони, щайха багьа бахунеб, байрамкъоял сабаблъун багьа цӏикӏкӏинаби битӏараб бугищ?\n— Нижго лъикӏал лъугьун гьабулеб жо гуро гьеб. Оптовиказ хираго бичула нижее. Гьез чӏезабураб багьаялде тӏаде 20-30 гъурущгӏаги жубачӏого ричарухъабазулги рес букӏунаро. Къоялъ гьанирги рукӏун дагьабгӏаги хайир щвезе ккеларищ?\nГьебго жо такрар гьабуна цо-цо цогидал ричарухъабазги. Дагьаб цебегӏанги 30-40 гъурщиде букӏараб хъапустӏаналъул килограмм нусго гъурщиде бахиналъ гӏемерав чиясул рахӏат хвезабун букӏана. Ццим бахъун, босичӏого танин абуралги ккана.\nГьабсагӏат хъапустӏаналъул кило базаралда 80-85 гъурщиде буго. 100 гъурщиде бахиналъе кинал гӏиллабиха рукӏаралин гьикъидал, вичарухъан Саламица гьадин бицана:\n— Цогидаб жо щай батӏаго хиралъараб — чакарги, нахги, гречкаги? Щив гьелъие гӏайибияв? Цо жо хиралъизе квер барабго цадахъ багьа бахуна цогидаб жоялъулги. Хас гьабун хъапустӏан щай гьедин хиралъарабали чӏванкъотӏун жаваб кьезе кӏоларо. Нижецаги цогидазухъа бичун босула 70 гъурщиде, тӏаде 10 гъурущги жубан бичула халкъалъе.\nАмма дица абила, тӏоцебесеб иргаялда, жалго гӏадамал ругин гьелъие гӏайибиялин абун.\n— Бичӏчӏичӏо?\n— Щайгурелъул, кигӏан цӏакъ багьа баханиги, босулеб бугелъул. Щайха гьез хиралъун батидал босичӏого толареб? Босичӏого толебани, багьабиги гӏодоре ккечӏого хутӏилароан, — абун бицана Саламица.\nАмма цо-цояз абулеб бугоан жидеца бичулеб багьа хисичӏого хутӏанилан. Мисалалъе, цӏоросаролъ, багӏаргьоло, тӏипало ва гьелда релълъараб нигӏмат бичулей гӏаданалъ абуна гьедин. Дун газеталъул хӏалтӏухъан вукӏин лъарабго, цӏакъ гъира-шавкъ бижана жиндирго дармил хӏакъалъулъ бицинеги:\n— Щибниги хиралъичӏо, гьале. Мунго валагье, килоялъул багьа тӏад хъварал къвакӏараб кагътил кескалцин кӏиго соналъ церего рукӏарал руго, басралъиялъул кьерги чӏван. Долларалъул багьа бахунилан дица сундулниги багьа бахинабичӏо, гӏаксалда, дие бичулел гӏадамаз хира гьабулеб буго. Мисалалъе, чанго моцӏалъ цебе 7000 гъурщиде букӏараб багӏаргьалил хъап, гьанже 10 000 гъурщиде бичана дие пуланав чияс. Нилъерго гьаниб гӏезабураб нигӏматха. Щай гьеб хира гьабулеб? Гьеб суал дицаго кьелаан жаваб кьолев чи кколевани. 10 000 гъурщиде гьесухъаги босун, цебе букӏараб багьаялде — 100 гъурщиде бичула дица гьелъул кило. Щибго хайирги гьечӏого, дунго къураб даран кколеб буго.\n— Хайирги гьечӏого кинха мун къоялъ гьаний йичарулей. Гьеб божизе захӏматаб жо гьечӏищ?\n— Гьедин бичичӏого дир рес гьечӏелъул, нусго гъурщидаса хираго лъица гьаб босулеб? Гьанире базаралде рачӏунелги чванта биццатал, цӏакъго ресалда ругел чагӏи гурелъул рукӏунел. Гӏемерисел — дунго гӏадаб мискинхалкъ. Амма, бахчун щай, цо-цо хӏакиммахӏал, галстукал рарал чагӏи рачӏиндал, гьезие дагьаб хирагоги бичула.\nНилъерго гьаниб гӏезабулеб букӏарабани, къватӏиса баччизе ккелароан ва гьеб мехалда къайиги хиралъилароан. Ираналдаса, Турциялдаса, ай нилъер гьанибе нигӏмат бачӏунареб пачалихъго батиларо. Лъикӏаб бачӏин кьолел ракьалги гӏурдае тун, киб гӏезабурабали лъалареб жо кунел руго нилъ. Дирго росулъе щванщинахъе, битӏахъе, гӏодизе бачӏуна, чӏороголъарал хурзалги рихьун. Базаралде ячӏинегӏан дунги росулъ хур-хералъул хӏалтӏи гьабулей йикӏана. Къисматалъ шагьаралде ккана. Дунго гӏадин гочунел руго росабалъа гӏатӏиракьалде гӏадамал. Лъиениги бокьулеб гьечӏо хурул хӏалтӏи, умумуз гӏадин къали гӏетӏулги тӏун, захӏматги баччун, хуриб тӏощелги гӏезабун бетӏербахъи гьабизе. Киназего бокьун буго бигьаго щолеб гӏарац.\nГӏайиб гьечӏого «гӏайибиял»\nГӏадада абулеб букӏун батиларо умумуз, гьанаде хьул лъедал, гьаб бугин гъоркьаги тӏагӏараб, тӏадеги гьечӏеб гӏужилан. Гӏиги магӏардаса буссараб, боцӏиги кьараго бугеб хаслихъе гӏадин гуреб, дагьаб мискинго бугоан базаралда гьан бичулеб кьер. Кьарияб хохол гьан гьаб гӏужалъ къанагӏат гурони щоларилан бицана вичарухъан Гӏумарица:\n— Базаралда бичулебщинаб нигӏматалда гьоркьоб бищун ахиралде хиралъана гьан. Хасало нижеца гьеб босулаан 350-ялде, бичулаан 400 гъурщиде. Гьанже 30 гъурщица хиралъана гьанал оптовияб багьа – 380 гъущиде босизе кколеб буго.\n— Доллар сабаблъунищ гьебги хиралъараб?\n— Валлагь, гуроха, гьеб доллар, мисалалъе, дие къваригӏараб жоцин гуро. Киназго багьанаде бачуна гьеб.\n— Батичӏони, щайха гьеб хиралъараб? Мисалалъе, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасцин хитӏаб гьабуна нужеде, нилъерго гьаниб гӏезабулеб нигӏматги хира гьабун бичун гӏадамал ццидахинаричӏого, рекъараб багьаялде бичейилан абун.\n— Нижее бокьунищ гьеб хиралъулеб? Гьадаб цебе букӏараб оптовияб багьаялде, ай 350 гъурщидасаги учузго бичизе бокьилаан нижееги гьан. Амма рес рекъолеб гьечӏо.\n— Сунцаха нужее гьелъие (учузго бичизе) квалквал гьабулеб бугеб?\n— Базаралде гьан бичулел оптовиказ чӏезабураб багьаялдаса рорчӏизе бажарулеб гьечӏоха. Гьезда гьикъани, жидецаги гӏи-боцӏи гӏезабулел гӏадамазухъа босулин гьан, гьезги хираго гурони бичулеб гьечӏин абула.\nПалхӏасил, ричарухъабаз оптовиказде бан, гьез цогидазде бугӏун, авалги ахирги батулареб бакӏалде ккун буго базаразда бугеб багьа-къадаралъул иш-пиша.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "17014-zhamagiatchagiazul-khialtii-tsii-gabize-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17014-zhamagiatchagiazul-khialtii-tsii-gabize-bugo", "title": "Жамагӏатчагӏазул хӏалтӏи цӏи гьабизе буго", "date": "2022-04-14 08:49:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "13 апрелалда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана батӏи-батӏиял идарабазда, муниципалиял гӏуцӏабазда цере гӏуцӏарал жамгӏиял советазул хӏалтӏи цӏи гьабиялъул бицараб данделъи.\nДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасда цадахъ гьелда гӏахьаллъана Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председатель Анатолий Карибовги, батӏи-батӏиял министралги, республикаялъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовги, гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Советалъул председатель Зикрула Ильясовги.\nБицен гьабулел гьел жамгӏиял советал гьанжелъагӏан гӏуцӏун рукӏана тӏасахун, ай нухмалъулесул бихьизабиялда рекъон. Гьанже Жамгӏияб палатаялъ хӏадурулеб буго гьенире вакилзабазул бащадаб къадар жидеца рихьизаризе рукӏиналда хурхараб законалъул проект. Гьелда рекъон, хутӏаразда цӏар чӏвазе буго муниципалияб гӏуцӏиялъул собраниялъ.\nДанделъиялда рорхана чарагьечӏого жамгӏияталъ кӏвар кьезе ккарал цо-цо суалалги. Масала, жамгӏиял гӏуцӏабазул рахъалдасан З. Ильясовас цебе лъуна ахираб заманалда киназго рехсолеб бугеб республикаялда рахьдал мацӏал лъазариялъул суал.\nГӏахьаллъараз бицана школазда рахьдал мацӏалъе рихьизарурал сагӏтал дагь гьаризе бегьунгутӏиялъул, Дагъистаналъул телевидениялдасагун радиоялдасан кьолел миллиял передачабазул заман цӏикӏкӏинабизе ккеялъул ва школазда рахьдал мацӏазул экзаменал кьезе кколеб хӏал букӏинабиялъул хӏакъалъулъ.\nГьеб пикруялъул рахъккуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас ва лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевасе гьенибго тӏадкъайги кьуна, школазул директорзабиги гӏахьал гьарун, гьеб суалалда тӏасан данделъи тӏобитӏейилан."}
{"slug": "17015-ralelgo-ralel-tsiiyal-shkolalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17015-ralelgo-ralel-tsiiyal-shkolalgi", "title": "Ралелго ралел цӏиял школалги…", "date": "2022-04-14 08:53:42", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 апрелалда ДРялъул хӏукуматалъул минаялъуб тӏобитӏараб данделъиялда бицунеб букӏана республикаялъул школазда лъимал лъабго ригьалда цӏалулеб къагӏида лъугӏизабизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьединал школал цӏакъго гӏемер ругин бицана данделъиялда ДРялъул премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\n2024 соналде 20 цӏияб школа базе буго республикаялда: Махӏачхъалаялда — 10, Хасавюрт районалда — лъабго, Каспийскиялда — кӏиго. Гьединго цо-цо школа базе буго Лаваша, Догъузпара, Ахти, Табасаран районаздаги Хасавюрт шагьаралдаги.\n— Ленинкент, Цӏияб Хушет ва Семендер гӏадал поселоказда цӏакъго гӏемерлъун руго лъимал. Щиб рес батунги гьел бакӏаздаги разе ккола цӏиял школал, — ин абуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас ва гьеб суал гӏумруялде бахъинабизе тӏадкъана вице-премьер Муслим Телякавовасда.\nМисалалъе, Ахти районалда лъимал лъабго ригьалда цӏалиялъул суал исана сентябралде тӏубанго лъугӏизе бугинги бицана данделъиялда. Луткун абураб росулъ 2017 соналъго базе байбихьун букӏана школа. Исана 1 сентябралде гьеб бан лъугӏизе ккола."}
{"slug": "17016-khergebderil-rokhakh-tsia-borkun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17016-khergebderil-rokhakh-tsia-borkun-bugo", "title": "Хьергебдерил рохьахъ цӏа боркьун буго", "date": "2022-04-14 09:06:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хьаргаби районалда бухӏулеб буго рохь. Цӏа ккана 12 апрелалда Къудукь росдадаса 4 км гӏагарлъухъ бугеб Сасукь абулеб бакӏалда.\nТӏаде ине хӏинкъарал нухал ругеб бакӏ букӏиналъ, цӏа свинабизе захӏмалъулеб буго. Амма гьабсагӏатги гьенир хӏалтӏулел руго МЧСалъулги Цӏа свинабулеб хъулухъалъулги хӏалтӏухъаби."}
{"slug": "17017-gorol-ebel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17017-gorol-ebel", "title": "«Гьорол эбел»", "date": "2022-04-14 09:08:45", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "12 апрелалда рахъарал гьураз дагьа-макъаб букӏаниги зарал гьабуна республикаялда. Махӏачхъалаялда гъутӏби регизаруна, токалъул кварал тӏезаруна.\nКаспийскиялда, Ленинил цӏаралда бугеб къотӏноб, гӏемертӏалаяб минаялъул къададаса тӏун бачӏараб гачил кесек дагьалъ хутӏана гъоркьан унел рукӏарал гӏадамазда тӏад речӏчӏизе. Талихӏалъ, лъиениги къварилъи ккечӏо."}
{"slug": "17019-donbassal-ul-l-imalaze-sajg-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17019-donbassal-ul-l-imalaze-sajg-at", "title": "Донбассалъул лъималазе сайгъат", "date": "2022-04-14 09:10:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановас ДНР ва ЛНР республикабазул лъималазе ритӏана адабияталъул тӏахьал.\n«Донбассалъе тӏахьал» абураб акциялъул рахъги ккун, Пушкинил, Лермонтовасул, Гоголил ва Толстоясул хвел гьечӏел асараздаса данде гьарурал тӏахьал ккола гьел.\n— Улкаялда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалалъ ракӏги гӏодоб чӏвазабун ругел лъималазул ракӏал биччанте гьел тӏахьаз чӏаголъизаризе. Гьелъулъги батизе бегьула гьезие хвасарлъи, — ян абуна С. Гӏумахановас."}
{"slug": "17021-gvaj-baze-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17021-gvaj-baze-bugo", "title": "Гвай базе буго", "date": "2022-04-14 09:20:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Аварги Гӏандиги гӏорал кьищни-къулалдаса рацӏцӏад гьаризелъун, рамазан моцӏалдаса хадуб кӏудияб гвай базе буго республикаялда. Тадбиралъе нухмалъи гьабизе буго ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ.\n— Аллагьас хъван батани, 16 районги гӏахьал гьабун, кӏудияб субботник тӏобитӏизе ракӏалда буго нижеда кӏал биччан хадуб, — ин лъазабуна рехсараб министерствоялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас."}
{"slug": "17022-giasruyal-ul-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17022-giasruyal-ul-balag", "title": "Гӏасруялъул балагь", "date": "2022-04-14 09:21:45", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Ахираб заманалда цӏакъго гӏемерлъун руго батӏи-батӏиял унтаби. Гьел тӏаде рачӏиналъе сабаблъунги ккола нилъерго квешаб хьвада-чӏвади ва рекъечӏел гӏамалал гьари. Гьединаздасан ккола наркотикал хӏалтӏизариги.\nГьайгьай, нилъеда бичӏчӏула наркотиказул бугеб зарал. Амма бигьаго гӏарац щолеб бугинги абун, гьел тӏиритӏизарулез хӏаракат бахъулеб буго гьеб «бизнесалде» гъорлъе хӏатта балугълъиялде рахинчӏелцин цӏазе. Гьелдаго цадахъ наркотикал ричиялде машгъуллъулел руго тӏубарал хъизамалцин. Масала, гъоркьиса полициялъул хӏалтӏухъабаз ккун рукӏана гьединаб ишалде машгъуллъарал эменги ясги. Ясалъ мукӏур гьавун вуго эмен наркотикал ричизе, бигьаго гӏарац щолеб къагӏида бугинги абун. Интернеталдасан наркотикал ричи лъугьун буго битӏахъе унго-унгояб балагьлъун. Хӏисаб гьабе, щибаб лъагӏалида жаниб Россиялда 70 000 чи холев вуго наркотикал хӏалтӏизариялъул хӏасилалда. Наркотикал ричиялда хадуб халкколеб Россиялъул федералияб (ФСКН) хъулухъалъул баяназда рекъон, улкаялда наркоманазул къадар бахун буго анлъго миллионалде, официалияб къагӏидаялъ хъвай-хъвагӏаялде росаразул къадарин абуни 500 000 гурони гьечӏониги. Хутӏаралин абуни ккола рахча-хьван наркотикал хӏалтӏизарулел. Сах гьаризелъун медицинаялъул идарабазде рачӏунезул къадар цӏакъго дагьаб буго. Амма гьев 500 000 наркоманасегицин дару гьабизе рес гӏолеб гьечӏо пачалихъалъул, лъагӏалида жаниб 50 000 наркоман гурони къабул гьавун бажаруларо наркологиялъул клиникабазухъа.\nУлкаялда ругел наркоманазул 20 процент ккола школазул цӏалдохъаби, 60 процент – 16-30 сонил ригьалда ругел гӏолилал, хутӏараб 20 процент — чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал.\nСоветияб заманалде дандеккун, ахираб анцӏго соналда жаниб наркоманазул къадар цӏикӏкӏана. Масала, 1980 соналда улкаялда 50 000 наркоман вукӏун ватани, 2021 соналда гьезул къадар анкьго миллионалде бахун бугин лъазабуна ФСКНалъул нухмалъулез.\nРФялъул УФСКНалъул ДРялда бугеб информациялъул ва жамгӏиял бухьеназул къокъаялъул баяназда рекъон, гӏолохъаби, хасго руччаби наркотиказде ругьун гьариялъул хӏужабиги цӏакъго цӏикӏкӏунел руго.\nДагъистаналда бугеб наркотикал тӏиритӏизариялда хадуб халкколеб хъулухъалъул баяназда рекъон, ахирал соназда республикаялда наркотикал гьарулел гӏолилазул ригь гӏолохъанлъунги буго (12-14 сон). Ахираб 10 соналда жанибин абуни, наркотикал сабаблъун лъимал хвеялъул хӏужаби 42 нухалъ цӏикӏкӏана.\nЧанго соналъ цебегицин наркотикал хӏалтӏизарулел рукӏун ратани дунялалдаса ракӏ буссаралин абулел чагӏаз, гьанже гьединазул 60 процент ккола тӏадегӏанаб лъайги бугел, лъикӏаб харжги бачӏунел гӏадамал. Гьединаз абураб багьаги кьун босулеб буго гьеб «тушман» ва цогидалги цӏалел руго жидерго пишаялде гъорлъе.\nДагъистаналъул шагьаразда наркоманазул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналдаго цадахъ гӏемерлъулел руго гьеб тӏибитӏизабулелги. Масала, дагьал церегӏан къоязда полициялъул хӏалтӏухъабаз ккуна интернеталъул кумекалдалъун наркотикал тӏиритӏизарулей ятарай 22 сон барай гӏадан. Гьелъухъ батун буго 860 грамм N-метилэфедрон абураб наркотикалъул. Республикаялъул МВДялда бицухъе, тӏубараб лъагӏалида жанир тӏиритӏизарулел рукӏун руго гьелъ наркотикал ва тӏадежоялъе балугълъиялде яхинчӏей жиндирго яцги цӏан йиго гьеб къабихӏаб пишаялде гъорлъе. Гьанже гьей гӏолилай тӏубараб гӏумруялъго туснахъ гьайизеги рес буго. Гьединлъидал, воре, цӏодорлъи гьабе ва халккве нилъерго лъималазда, гьезул рагъа-рачариялда ва хьвада-чӏвадиялда хадуб. Гурони, метер кватӏун ккезеги рес буго.\nХӏабиб Мухӏамадов"}
{"slug": "17023-dag-istaniyal-tsol-izaruleb-ramazanal-ul-chadir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17023-dag-istaniyal-tsol-izaruleb-ramazanal-ul-chadir", "title": "Дагъистаниял цолъизарулеб Рамазаналъул чадир", "date": "2022-04-14 09:26:25", "categories": ["obshestvo"], "text": "Рамазан ккола лъикӏал ишазул, рахӏмуялъул, Аллагь разилъиялъе гӏоло щивав бусурбанчияс хӏаракат бахъулеб моцӏ. Гьел лъикӏал ишазул цояблъунги ккола кӏал ккурав чиясе кӏал биччазе квен кьей. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Гьез квен кьола мискиназе, бесдалазе ва асиразе. Гьез абула: «Нижеца нуж кваназарулел руго гӏицӏго Аллагьасе гӏоло ва нужедаса я баркала, я шапакъат хӏажатги гьечӏо. Ниж хӏинкъула нижерго Бетӏергьанасдаса, доб бецӏаб ва гӏазабаб къоялдаса», — ян. Аллагьас гьединал гӏадамал Къиямасеб къоялъул заралалдаса цӏунула ва гьезие талихӏгун камиллъи сайгъат гьабула. Гьединаб лъикӏаб даражаялде рахинарула Бетӏергьанас Рамазан моцӏалъ кӏал ккурал ва цогидалги ракъарал, язихъал гӏадамал кваназарурал бусурбаби. Кӏал ккурал бусурбаби кваназаризе кӏудиял тадбирал тӏоритӏи гӏадатлъун лъугьана нилъер республикаялдаги.\nДагъистаниял кидаго рукӏана гьоболлъи гьабизе махщел цӏикӏкӏарал гӏадамаллъун. Гьоболасда цебе лъолаан бищунго лъикӏаб квенги. Хасго кӏалккулъ вачӏарав гьобол кваназави кӏудияб рохеллъун рикӏкӏуна. Гьале анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ, щибаб Рамазан моцӏалда тахшагьаралъул мажгитал лъугьана бищунго лъикӏ гьобол кваназавулел бакӏаллъун. Щибаб Рамазан моцӏалъ жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, хӏукуматалъул нухмалъулез, кӏал биччаялъе нигӏматал росизе, садакъа гьабула. Кӏудияб мажгиталда аскӏоб рагьараб «Рамазаналъул чадиралда», щибаб къойил 4000-гӏанасев чиясе квенги гӏодор чӏезе бакӏги гӏуцӏула «Инсан» фондалъ, ДРялъул Муфтияталъул вакилзабаз ва республикаялъул рес бугел гӏадамаз.\n«Инсан» фондалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Ахӏмадовасул рагӏабазда рекъон, Кӏудияб мажгиталда аскӏоб цо ифтар тӏобитӏизе харж гьабулеб буго 100 000 гъурщидаса цӏикӏкӏун гӏарац. «Инсан» фондалъ Кӏудияб мажгиталда гуребги, тахшагьаралъул 15 мажгиталдаги ифтарал тӏоритӏула. Тахшагьаралъул ва республикаялъул цогидал шагьараздаги гӏемерисел мажгитазда жамгӏиял ва диниял хӏаракатчагӏазул ва гӏадатиял гӏадамазул хӏаракаталдалъун тӏоритӏулел руго «Рамазаналъул чадрал».\nКӏал ккурав кваназавурасе – кӏудияб кири\nИсана кӏалккул моцӏалъул тӏоцебесеб ифтар тӏобитӏизе ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏаде босун букӏана. Гъоркьисалаги республикаялъул бетӏерас гӏарац кьун букӏана «Рамазаналъул чадир» байбихьиялъе. Исана Кӏудияб сордоялда «Рамазаналъул чадиралъ» цолъизаруна Дагъистаналъул рухӏиял церехъабиги, хӏукуматалъул вакилзабиги ва тахшагьаралъул батӏи-батӏиял идарабазул хӏалтӏухъабиги ва гӏадатиял гӏадамалги.\nДагьал церегӏан къояз, ДРялъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги гӏарац харж гьабуна «Рамазаналъул чадир» тӏобитӏиялъе. Кӏудияб мажгиталда аскӏоб тӏобитӏараб ифтаралда гӏахьаллъана республикаялъул министерствабазул нухмалъулелги Хӏукуматалъул председательги. Тадбиралде рачӏараздехун гьадинаб хитӏаб гьабуна Муфтияталъул председатель Мухӏамад Майрановас: «Нилъер муфтияс кидаго малъула жакъа нилъер бугебщинаб жоялъухъ Аллагьасе щукру гьабизе. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужее кьурал нигӏматазухъ щукру гьабуни, Дица нужер нигӏматал жеги цӏикӏкӏинарила», — ян.\nКванан хадуса Рамазаналъул чадиралда гӏалимзабаз вагӏзабиги гьарула ифтаралде рачӏаразе.\n«Цолъиялъул ифтарал – 2022»\nАскӏор ругезулгун квен гӏахьал гьаби, садакъа бикьи исламалъе кидаго хасиятаб ишлъун букӏана. Гьелъ гӏадамазул ракӏал цолъизарула, захӏмалъи гӏахьал гьабула. Республикаялъул батӏи-батӏиял мажгитазда цере «Рамазаналъул чадрал» тӏоритӏулелго гӏадин, исана Рамазан моцӏ байбихьаралдаса нахъе Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда бугеб Рухӏияб централдаги «Цолъиялъул ифтарал» гӏуцӏулел руго.\nКӏалккун моцӏ лъугӏизегӏан, щибаб сордоялъ республикаялъул батӏи-батӏиял шагьаралгун районазда гӏумру гьабун ругел гӏадамал данде гьаризе руго «Цолъиялъул ифтарал — 2022» акциялда рекъон. Рамазан моцӏалъул тӏоцебесеб сордоялъ Рухӏияб централда «Цолъиялъул ифтаралде» данделъун рукӏана Цӏунтӏа районалдаса гӏадамал. Щибаб кӏал биччазе гьенир цолъулел районазул ва шагьаразул вакилзабаз кванил нигӏматал росизе цебеккунго гӏарац бакӏарула. Гьединго щибаб районалъул гӏадамаз бакӏарун данде гьабула Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда бугеб Рухӏияб центр баялъе гӏарацги. Масала, дагьаб цебегӏан Цолъиялъул ифтаралда данделъун рукӏарал Чӏарадаса районалъул вакилзабаз бакӏарун буго 3 800 000 гъурущ.\nЦолъиялъул ифтаразда лъикӏал хитӏабалгун жамагӏаталда цере рахъуна диниял хӏаракатчагӏи, къадруял ракьцоял, ахӏула нашидал. Гьединго гьениб гӏуцӏун буго гӏисинал лъималазе хӏухьбахъиялъе бакӏги.\nГьал къоязда республикаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса ва росабалъа руччаби данделъун рукӏана Рухӏияб централда. 4000-ялдаса цӏикӏкӏун чӏужугӏаданалъ гӏахьаллъи гьабуна Цолъиялъул ифтаралда.\nРуччабазул мажлисалде рачӏун рукӏана республикаялъул нухмалъиялъул ва ДРялъул муфтияталъул вакилзабиги. Муфтиясул гӏакълучӏужу Гӏайнаъ (Патӏимат) Хӏамзатовалъги, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги, сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъги республикаялъул руччабаздехун хитӏабги гьабуна.\nИфтар тӏобитӏизе цебеккунго гӏарац бакӏарун букӏана республикаялъул гӏемерисел руччабаз. Ифтаралде квен босизе ва Рухӏияб центр базе гӏарац данде гьабуна гьеб къоялъ данделъун рукӏараз. Гьеб кӏудияб мажлис гӏуцӏана ДРялъул Муфтияталда цебе бугеб руччабазе лъай кьеялъулаб отделалъ ва Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда бугеб Рухӏияб централъ.\nРухӏияб центр бан лъугӏизабизе къасдгун\nРуччабазул кӏудияб мажлисалда Рухӏияб центр базе гӏарацги данде гьабуна. Республикаялдасанго волонтераз кумек гьабулеб букӏана гьеб кӏудияб тадбир нухда бачине. Махщалилал артистаз бихьизабуна Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) заман бихьизабулеб театралияб сценка. Республикаялда цӏар арал диниял гӏалимзабаз насихӏаталги гьаруна руччабазе. Гьеб кӏудияб мажлисалда гӏуцӏараб сценаялдасан ахӏана нашидалги, цӏалана Къуръаналдаса сураталги.\nДРялъул Муфтияталъул руччабазул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей Загьра Исмагӏиловалъ тадбиралда данделъараздехун хитӏаб гьабуна: «Жакъа нилъер гьаниб буго кӏудияб тадбир – республикаялъул руччабазул ифтар. Гьелъул мурадги ккола – Дагъистаналъулго руччаби цолъизари ва цоцаздехун рокьи бикьи», — ян.\nГӏайнаъ Хӏамзатовалъги абуна: «Лъикӏаб гӏаламатлъун ккола жакъа нилъ Рухӏияб централде ракӏари. Гьелъ нилъ цолъизарулел руго гӏемерал соназ. Дир хьул буго гьаб цолъиялъ нилъер ракӏал квешлъиялдаса цӏунилин, гьел рацӏцӏад гьарилин. Лъикӏал ракӏазулъ цоцазе кумек гьабизе, цоцазе квербакъизе кидаго гъираги букӏуна».\nДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъги абуна: «Гьаб хирияб рузман къоялъ, хирияб рамазан моцӏалъ гьадинаб кӏудияб республикаялъулго руччабазул мажлис гӏуцӏи лъикӏаб ишлъун ккола. Гьелъ руччаби цоцаздехун гӏагар гьарула, гьезие рохел сайгъат гьабула, гӏумруялде гъира базабула».\nЗарема Бутаевалъ мажлис гӏуцӏараздехун баркалаялъул рагӏаби абуна: «Жакъа нилъер республикаялда ва дагъистаниязул щибаб хъизамалда рекъел ва разилъи букӏине гӏоло кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго нужеца. Кӏудияб баркала буго гьаб жакъасеб тадбиралъухъ, гьанир ругел гӏадамаз гӏуцӏараб гӏажаибаб хинлъиялъухъ».\nЦо бакӏалде данделъун цадахъ кваналел гӏадамазда гьоркьоб рокьукълъи бижизе рес букӏунарин абула. Гьединан гьуинго, рохалида цолъизарула «Рамазаналъул чадразги» «Цолъиялъул ифтаразги» дагъистаниял. Щивасул садакъаги гьабураб гӏибадатги къабул гьабун батаги Аллагьас.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17024-sanktsiyazdekhun-zar-yarmarkabazdekhun-kivar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17024-sanktsiyazdekhun-zar-yarmarkabazdekhun-kivar", "title": "Санкцияздехун — зар, ярмаркабаздехун — кӏвар", "date": "2022-04-14 09:30:20", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Исана соналда тӏоцебесеб росдал магӏишаталъул нигӏматазул республикаялъулаб ярмарка тӏобитӏана 9 апрелалда Махӏачхъалаялда. Гьелда гӏахьаллъана республикаялъул гӏемерал районаздаса 180-200- гӏанасев вакил (павильон-будка). Ахирал соназда гьел таманал тӏоритӏиялъул хӏасилалда щвараб хӏалбихьиялъги батила, ярмарка гӏуцӏун букӏана гӏезегӏан лъикӏаб даражаялда. Гӏахьалчагӏазе чӏезарун рукӏана хӏалтӏи берцинаб хӏалалда иналъе рекъарал шартӏал, бихьана цебехун киданиги ярмаркабазда дандчӏван букӏинчӏеб, амма гьадинал бакӏазда кутакалда хӏажатаб цо цӏилъиги – бокьараб нигӏматалъул анализал – хал гьабиял хехаб хӏалалда тӏуразелъун хӏалтӏулеб букӏана ветеринарияб комитеталъул хасаб машина – лаборатория. Гӏемерисел нигӏматазул багьаби хӏакъикъаталдаги рукӏана базаразда ругездаса гӏезегӏан гӏодорегӏанал. Мисалалъе ханазул лоток – 200 гъурщиде, гьан – 350-380 гъурщиде кило (Рамазан моцӏ букӏиналъги батила цо-цояз гьеб бичулеб букӏана 300 гъурщидеги) ва гь.ц. Ярмарка унаго, цо-цо гӏахьалчагӏазулгун дир ккана къокъалго гара-чӏвариялги.\nГъизилюрт районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул бетӏерав специалист, Гӏали Гӏалиевас кьуна гьадинаб баян.\n— Заман буго хӏакъикъаталдаги захӏматаб, масъалаби руго гӏемерал, амма росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабаз кутакалда яхӏ бахъулеб буго. Кӏвар кьолеб, гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго гӏи-боцӏул къадар цӏикӏкӏинабиялда, гьелъул даража борхизабиялда тӏад. Гьеб кӏудияб хӏалтӏул цо бутӏалъун рикӏкӏине бегьула гьал ярмаркаби тӏоритӏиги. Нижер районалдаса жакъа гьаниб буго 10 машина (СПК, КФХ, ЛПХ), гьез ричулел нигӏматалги ккола батӏи-батӏиял хьонал, рассада-саженцал, гьан, рахьдал продукция ва гь.ц. Гьаб буго бичулесеги босулесеги пайдаяб, гьоркьор «посредникал» журачӏого, учузаб (15-20 проценталъ) багьаялда бокьараб нигӏмат босизе рес кьолеб тадбир.\n— Учузаб багьаялда гьанир жидерго нигӏматал ричиялъ магӏишатазе кьолеб пайда щибха кколеб?\n— Базаразда гӏемераб заманги хун, гьениб базархӏакъги кьун даран гьабиялдаса, дагьаб учузго бугониги, гьаниб кинабго бичи цебе ккола.\n«Кавказалъул къуват», «Дидоялъул» гуч\nРоссиялъул кинаб регионалде щваниги, гӏемераб цогидалда цадахъ гъира букӏуна тукабахъ цо щибниги нилъер нигӏмат-продукция батизе. Коньяк-чагъиралъул бицинчӏони, аслияб куцалда кирго дандчӏвала «Рычал-су» минералияб лъим ва «Сила Кавказа» СПОКалъул («Дидо») батӏи-батӏиял нигӏматал (урба ва гь.ц). Жакъасеб ярмаркаялдаги букӏана гьезул павильон ва гьениб ккана СПОКалъул коммерческияй директор Загьра Гӏабдурахӏмановалъулгун гара-чӏвариги.\n— Загьра, урба гьабулел гӏадамал Дагъистаналда гӏемер руго, амма нужер цӏар лъала кибго. Сундулъ бугеб балъголъи?\n— Балъголъи кинабгӏаги батиларо. Амма дуца хӏалтӏи гьабулеб бугони кинабго дур рухӏги, рокьиги, ракӏги гьелъулъ лъун, гьелда рекъараб букӏуна хӏасилги. Нижер хӏалтӏи гӏуцӏун буго гьединаб, умумузул хаслъаби цӏунараб, цӏиял технологиялги хӏалтӏизарулеб къагӏидаялда. Гьелде тӏаде нижеца хӏалтӏизаруларо хӏажат гьечӏел химиягун цоги тӏаде жураял, нижер нухмалъиялъ гьединал жал аскӏоре къазе толаро. Нижер буго цӏикӏкӏараб хӏалбихьи, 20-ялдаса цӏикӏкӏун сон буго хӏалтӏизе байбихьаралдаса. Гьелда цадахъго ниж хӏалтӏула заманаялъул тӏалабазда рекъон, кӏвар кьола рекламаялде. Мисалалъе босани, дагьай цее дун йикӏана Елена Малышевалъул «Жить здорово» программаялда. Бицана, бихьизабуна, киназдаго лъазабуна щиб жо кколеб урба, рагӏизаруна «Сила Кавказа», «Дидо» цӏарал. Гьабсагӏаталда урба къватӏибе биччалеб буго гӏемерал бакӏазда (Москва, Пятигорск ва гь. ц.), амма дица доба загьир гьабуна хӏакъикъияб урба букӏунин цохӏо Дагъистаналдайин абураб пикру. Нилъер гӏадамазда гӏадин гьелъул магӏнаги, тӏагӏамги, хаслъиги тӏокӏаб лъиданиги лъаларо ва лъазе ресги гьечӏо.\n— Гӏага-шагарго чан тайпа нигӏматазул нужеца къватӏибе биччалеб?\n— СПОКалъул членаллъун ккола Гъизилюрт, Цӏунтӏа, Цӏумада ва Юждагъалъул цо-цо районаздаса 50-ялдаса цӏикӏкӏун чи (3-4 СПК, 10-ялдаса тӏаде КФХ ва гӏезегӏан ЛПХ), гьез нижехъе кьола нигӏматал, нижеца гьел къачӏала ва тӏурала цоги хӏалтӏаби. Нижер сияхӏалда буго къватӏире риччалел нигӏматазул 182 цӏар. Урба гуребги, къватӏире риччала батӏи-батӏиял даруял хурдул, гьоцӏо ва цогидабги.\n— Россия тун къватӏибехун бугищ нужер урбаялъул тӏалаб?\n— Буго. Ниж гӏахьаллъана Сагӏудиязул Гӏарабиялда букӏараб тӏолгодунялалъулаб выставкаялда, гьениб нижее щвана Баркалаялъул кагъат, продукциялъе кьуна лъикӏаб къимат. Рукӏуна заказал Турциялдаса, Германиялдаса, Белоруссиялдаса, Казахстаналдаса. Гьенибе унеб продукциялъул къадарги букӏуна гӏезегӏан мадараб, гьебги цӏикӏкӏунеб буго соналдаса соналде.\n— Гьал санкцияз гьарулел квекӏенал нужеда хъинтӏанищ?\n— Киназдаго хъинтӏулел гьел нижедаги хъинтӏичӏого рукӏинищха. Мисалалъе, цо-цо нигӏматал (миндаль, кунжут, арахис) нижеца росула къватӏисел пачалихъаздаса (Индия, Вьетнам, Азербайжан), буго гьединабго алат-къайиги. Амма ниж къуркьулел гьечӏо, гьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго нахърателал гьарун рукӏарал нигӏматалгун, хира гьаричӏого багьабигун. Берцинго унеб буго хӏалтӏи, Росдал магӏишаталъул министерствоялъ кьуна лъикӏаб грант, гьелда рекъон босана хӏажатаб къайи-цӏа.\n— Гьадинал ярмаркабазул пайда букӏунищ нужее, гӏадада тӏамураблъун кколищ гьаниб заман?\n— Гӏадада тӏамураб заманлъун гӏагардеги рикӏкӏине бегьуларо. Нижеца гьоркьоб биччачӏо цониги ярмарка, гӏахьаллъана киназдаго. Гьанир ниж лъала, нижеда лъала, кутакалда кӏвар бугеб, хасго гьаб заманалда цӏакъго хӏажатаб, киназего пайдаяб тадбир буго гьаб. Лъица щиб абуниги, цӏакъаб жо буго гьоркьохъан гьечӏого ккараб бухьен.\nГӏуцӏараб хӏалтӏиги гӏолареб заманги\nЯрмаркаялде щвана росдал магӏишаталъул министр Баттал Батталовги. Гьесиеги кьуна цо чанго суал.\n— Санкциязул тӏадецуйги хӏисабалде босун, кинаблъун букӏинин кколеб дуда аграриязе исанасеб сон?\n— Хӏалтӏулъ кидаго дандчӏвалел масъалаби камун рукӏинаро исанаги, кидаго гӏадин гьелги тӏуразе руго жиндир заманалда. Хӏакъаб жо, рукӏина исана масъалабиги захӏмалъабиги. Мисалалъе, хиралъулел руго запчастал, ккела суалал къватӏисел пачалихъаздаса босулеб оборудованиялда, цоги къайи-цӏаялда ва цогидалда сверухъги. Амма дир кинабгӏаги щаклъи гьечӏо гьел киналго суалал тӏураялъе ресалгун сурсатал нилъеда ратизе рукӏиналда. Сезоналъул хӏалтӏиги унеб буго ругел планазда рекъон. Исана соналда овощал чӏезе руго гъоркьиса соналде дандеккун 2,5 азарго гектаралъ цӏикӏкӏун, гьебго хӏал букӏине буго пихъил, цӏолбол рахъалъги. Нилъер кидагосеб масъала букӏана гӏезарурал нигӏматал цӏунизе бакӏал-складал гӏунгутӏи. Гьал къоязда Гъизилюрт районалда хӏалтӏизе биччана овощазул кӏиазарго тонна цӏунизе рес кьолеб кӏудияб склад. Цо чанго соналда жаниб республикаялда цӏикӏкӏине буго гьединал складазул къадар. Исана соналъул тӏоцебесеб кварталалда магӏишатазе щвана пачалихъияб кумекалъул 150 млн гъурущ (гъоркьиса щун букӏинчӏо гьеб). Хасаб кӏвар кьезе буго цӏикӏкӏараб тӏалаб бугел нилъер нигӏматал (цӏибил, пиринчӏ, гьан) гӏезариялъеги. Дир хӏисабалда, нилъеца нилъерго тӏалабал тӏуранго хьезари гуребги, нилъеда кӏвезе буго аслиял нигӏматал кӏудияб къадаралда Россиялъул цоги регионазде ритӏизеги.\n— Кинаб къимат дуца кьолеб жакъасеб ярмаркаялъе?\n— Районазда ва шагьаразда исана нижеца тӏобитӏана 9 ярмарка, республикаялъулаб даражаялъул гьаб ккола тӏоцебесеб. Гӏахьалчагӏазул ва рачӏарал гӏадамазул, ругел багьабазул хӏисаб гьабуни, лъикӏаб къимат кьела. Гӏаммаб куцалда босани, дун рази вуго. Дида лъикӏ бихьана бокьараб тайпаялъул ва гӏезегӏан учузаб багьаялъул гьан гӏемер букӏин, гьебго абизе бегьула рахьдал ва гьелъул нигӏматазул рахъалъги. Ахираб заманалда гӏемер хабар букӏана капустаялда сверухъ. Ниж хӏалтӏана гьеб суалалда тӏад ва руго хӏасилалги. Гьаниб гьеб бичулеб буго 60 гъурщиде кило (базаралда гьеб бахун букӏана 80-90 гъурщиде). Гьебги дагьаб цӏикӏкӏун буго, дир хӏисабалда букӏине ккелаан 50 гъурщиде. Гьадинал ярмаркаби гӏуцӏиялъул, гӏадамал нигӏматаз хьезариялъул, багьабазда хадуб халкквеялъул хӏалтӏи ине буго хадубккунги.\n— Дуца щибниги босанищ гьаниса?\n— Дица босана киназго беццулеб сельдерей, босизе буго тӏогьолаб (цветная) капуста. Холодильникалда буго гӏураб гьан, буго бакъварабги, гуребани босизе букӏана гьебги. Нигӏматазул рахъалъ къварилъи гьечӏо, квеш ккараб жо буго, гьел хӏадурун, кванан парахатго гӏодов чӏезе заман гӏоларого букӏин…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "17025-pajdayavl-un-vukiine-g-iragun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17025-pajdayavl-un-vukiine-g-iragun", "title": "Пайдаявлъун вукӏине гъирагун", "date": "2022-04-14 09:37:55", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гъазимухӏамадов Сагӏид ккола Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул филологияб факультеталъул студент. Гьев гьавуна Цӏумада районалъул Метрада росулъ. Сагӏид вуго факультеталъул профсоюзалъул комитеталъул председательги. Гьесулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Сагӏид, щай дуца тӏаса бищараб филологияб факультет?\n— Гьелъие аслияб гӏилла буго нилъерго гӏаммаб болмацӏ, магӏарул мацӏ, гӏадатги гӏамалги цӏунизе бокьи. Рахьдал мацӏ лъаларев чи ккола миллат гьечӏев чи. Цӏумада районалда руго багвалал, чӏамалал, тӏиндисел, цӏунтӏадерил мацӏ бугел хушетисел ва хъварщисел – гьезул руго жиде-жидер мацӏал. Амма Метрада росулъ рахьдал мацӏлъун буго магӏарул мацӏ.\n— Анлъго лъимералда гьоркьоса бищун кӏудияв дуда эбел-инсуца батӏияб махщел тӏаса бищеян абулеб букӏун батила…\n— Гьез дида абуна я тохтурлъун, яги магӏарул мацӏалъул учительлъун вахъине кколин абун. Инсулги эбелалъулги эменал руго учительзаби: цояв – биологиялъул, цогидав – географиялъул. Диего бокьана магӏарул мацӏалъул учительлъун вахъине. Цадахъго лъазабулеб буго ингилис мацӏги.\n— Гьаб захӏматаб заманалда квешлъиялде машгъуллъизе гурин абунги тола цо-цо эбел-инсуца лъимал цӏализе ритӏичӏого.\n— Школалда цӏалулаго, дун вукӏана жигарав цӏалдохъан. Гӏемер гӏахьаллъулаан олимпиадабазда, батӏи-батӏиял къецазда. Гьединлъидал батила, эбел-инсуца инкар гьабичӏо дун цӏализе витӏизе. Кӏудадабазги хӏаракат гьабуна гьел мукӏур гьаризе.\n— Кинаб бугеб жакъасеб студентасул гӏумру?\n— Алхӏамдулиллагь, кигӏанги лъикӏ буго. Цин дун вукӏана мухьдахъ рукъги ккун. Северияб автостанциялдаса цӏалуде щвезе заман гӏемер балаан. Гьанже вуго общежитиялда, гьебги буго университеталъул азбаралдаго. Дарсиде уна 10-15 минуталъ лъелго. Общежитиялъухъ лъагӏалида жаниб кьола 6530 гъурущ (гъоркьиса кьолаан 4500). Исана гьениб ремонт гьабуна – багьаги бахинабуна.\nЩибаб тӏалаялда буго цӏалдолезул зал – гьениве ине бегьула цӏалдезе. Дида цадахъ рукъалъ руго дирго вацгӏалги Болъихъ районалъул Хелекьуриса васги. Гьел руго цӏалдезе бокьулел, цоцазе квалквал букӏунаро нижер.\n— Цӏалиги лъугӏила, хъизамги гьабила. Гӏумру гьабизе киве инев мун?\n— Битӏараб бицани, магӏарухъго бокьила. Ракӏалда буго, ингилис мацӏалъул учитель хӏисабалда, «Росдал учитель» абураб программаялда гӏахьаллъизе. Магӏарул мацӏалъул цӏакъ лъикӏал учительзаби руго нижер.\n— Щай магӏарулазе ингилис мацӏ?\n— Гьеб хадубккун лъугьине бегьула хъизам хьихьизе рес кьолеб хӏалтӏилъун. Щвалде щун ингилис мацӏ лъалеб бугони, рагьизе бегьула хасаб школа, бегьула репетитор хӏисабалда хӏалтӏизе. Гьедин школа рагьарал гӏолилал лъала дида. Гьабсагӏаталда ингилис мацӏ лъазабизе гъира бугел лъимал гӏемер руго.\n— Цӏали захӏмалъулеб бугищ?\n— Вижаралдаса нахъе кӏалдиб ругьунаб магӏарул мацӏ бугелъул, гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏо. Дун цӏалулеб мехалда школалда ингилис мацӏ кьолароан – учитель вукӏинчӏо; батӏиял росабалъа рачӏун, малъулаан, цо-цо малъичӏогоги хутӏулаан. Гьелъ цо дагьаб захӏмалъана.\n— Профком хӏисабалда кинаб хӏалтӏи гьабулеб дуца?\n— Студентазул ихтиярал цӏунула профкомалъ. Стипендия бачӏунеб гьечӏони, масала, социалияб стипендиялъе районалдаса справка кватӏунин абун. Цоял рукӏуна, кколареб стипендия тӏалаб гьабизе лъугьун. Цогидал –эбел-эмен хӏалтӏулел ругин абун кьоларел, дозие щолеб мукъсанаб харж хӏисабалдеги босичӏого тарал. Къокъго абуни, студентазул масъалаби тӏурала.\nГӏуцӏула факультеталда батӏи-батӏиял тадбирал, факультетазда гьоркьосел спорталъул, пагьмуялъул къецал, олимпидаби, студентазул гӏелмиял конференциял ва гь.ц.\nГьабсагӏаталда Сагӏидица хъвалеб буго дипломалъул хӏалтӏи. Гьелъие босун буго «Магӏарул мацӏалъул басралъарал рагӏаби» абураб тема.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "17026-dir-pishadul-mugialim-giabasil-makhiamadil-90-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17026-dir-pishadul-mugialim-giabasil-makhiamadil-90-son-tiubayalde", "title": "Дир пишадул мугӏалим (ГӏАБАСИЛ МАХӏАМАДИЛ 90 СОН ТӏУБАЯЛДЕ)", "date": "2022-04-14 09:42:02", "categories": ["lit"], "text": "Алхӏамдулиллагь, школалъул мугӏалимзабаз, къо-мех лъикӏги гьабун, дун тӏойитӏараб заманаялъ Аллагьас дие, дир гӏумруялъул хадусеб бутӏаялъе хӏадурун ватана гьелги дирго эменги цолъарав, гӏажаибго ракӏ сахаватав, доб мехалъ гӏолохъанал шагӏирзабазе рагьараб школа гӏадав, жиндир тӏалабияб бербалагьиялъ нижелъ божелги, нижедаго ракӏчӏейги бижизабизе бажарарав баракатав инсан Мухӏамад Гӏабасович! Гьесул бицунеб бакӏалдагицин бажаричӏо дида Гӏабасил Махӏамадин абун… гьесдехун бугеб дир адаб къо анагӏан щулалъиялъги гӏумруялъго гьев дир мугӏалимлъун хутӏиялъги.\nДГУялъул лъабабилеб курсалъул студентка йикӏаго, гьесул гӏакълуялдалъун дун хӏалтӏизе йосана Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялде, магӏарул адабияталъул редакциялде корректорлъун. Дир щуйилазда гьабураб гьесул божел букӏана гьебги, жакъа къоялъги, издательствоялда хӏалтӏулей гьечӏониги, гӏумруялъго магӏарул адабияталъул тӏахьазе редакторлъи гьабулей, Мухӏамад Гӏабасовичас диде гьабураб божилъиялъул борч тӏубалей йиго дунги.\nАнцӏила кӏиго соналъ хӏалтӏана ниж цо кабинеталда: редакторги корректорги гӏадин гурелги, эменги ясги гӏадин, кутакалда бечедаб адабияб лъай бугев мугӏалимги гьеб лъаялъул иццухъ йикӏине щвей кӏудияб талихӏлъун батарай цӏалдохъанги гӏадин, цо-цо мехалъ, гьес жинцаго цо тӏехьалда дие гьабураб тӏадхъваялда абухъе, «Дир товарищалъе Тубхӏат-бикае» – абун, ракӏ бащадал товарищаллъунги гӏадин.\nГьаниб ракӏалде щвана, гьабсагӏатги дихъ бугеб, гьобол-гьудуллъун Мухӏамад Гӏабасовичасеги лъугьарав, ракӏ гӏатӏидав, амма цо чӏухӏи гъорлъ жубараб согӏлъи тӏоцеве вихьаравго жиндилъ халлъулев дир инсуда юбилей баркун гьес хъвараб кечӏ. Бокьулаан диеги дунго еццизе, хасго инсуе… Гьениб жаниб буго дихъе байрахъ кьураб хӏисаб доб мехалъ гьабураб ункъо мухъ:\n«Гьардарав, дир гьобол Муртазагӏали, Васасул бакӏалда чӏолей яс йигев…»\nГьел сонал ратана, дидаго лъачӏого, дир шигӏруги дир хъулухъ-пишаги куцарал, камилаб къебелъиялъул сонал! Гьел соназ бичӏчӏана дида редакторлъиялъул гуребги, адабияталъул, шигӏруялъул гӏелму, гьел соназ лъана дида гӏакъилаб каламалъул гъварилъи, гьел соназ рагьана дие живго Мухӏамад Гӏабасовичги, гьел соназ гурони, жинда релълъарав тӏокӏав ватичӏев инсанасул бицун хӏалкӏолареб гӏаданлъи, пикруялъул бечелъи, лъилниги гьечӏеб, дида батичӏеб рекӏел сахаватлъи; гьел соназ хиралъана дие дирго миллат, гьелъул тарих, гьелъул мацӏ, гьелъул адабият, гьелъул маданият!\nЦо–цо мехалъ ккола, гьесул жиндирго гьоболгьудуласдасаги дида цӏикӏкӏун лъанин гьел соназ гьев къанагӏатаб хасияталъул инсанги магӏарул адабияталда бечедаб мацӏалъ бечед гьабураб шигӏрияб ирс тарав шагӏиргиян. Цӏикӏкӏараб заман хӏалтӏуда унелъулги батила, дун лъугьана гьесие хасиятаб дунялалъулги, гьесул гӏамалхасияталъулги, гьесул сверухълъиялъулги нугӏлъун; гьединго гьесда дунги лъалаан, инсуде гӏадин, гьесде ургъел бикьулаан, гьединаб мехалъ кочӏодалъунги дир ракӏ гӏодобе биччазабулаан, дур гӏумруялда жанир гӏемерал дандчӏвазе ругин жидерго гӏумру рекълъиялъ гӏамал тӏекълъарал гӏадамалин абулаан. Гьединаб мехалъ хӏалае кидаго батулеб цо-цо притча бицунаан. Цо нухалъ цӏалулеб бакӏалда дарсида дир цо мугӏалимас цадахъ цӏалулезда цебе дида абуна: «Тубхӏат, къад цӏалулейги, къаденахъе хӏалтӏулейги йикӏиналъ батилаха, дуца тӏахьазда гъалатӏал толел руго, щай дуе гьанжего хӏалтӏизе лъугьин букӏараб?» – илан. Дида гьеб захӏмалъана, цӏали щуйилазда бугониги… Хӏалтӏуде щведал бицана, къварилъахъдилаго, Мухӏамад Гӏабасовичасда. Дидагӏанги гьеб квеш букӏарав гьес абуна: гьабсагӏат дица дуе бицараб притча дуца метер досие бицине рагӏи кьейилан. Кьураблъун тана… Гьес бицана: «Вукӏун вуго цо хан. Ханлъиялъ пахрулъи кьурав, гьебцин чӏалгӏарав гьес ахӏун вуго вазир, кьун буго гьесие амру: «Чӏалгӏана дида ханлъи! Бокьараб гьабе, амма гьал гӏагарал къоязда жанив дун аллагьлъун вукӏинаве!» – ян. «Тӏубала¸ бетӏерчӏахъад!» – ин уна малъкъосарав вазир.\nКӏудияб ургъалил гьиргун рогьуна гьес сордо. Ахирги, щибго гьабичӏого вукӏинегӏан, бетӏер къотӏизегӏаги гӏилла букӏине жинцагоги цогиязе амру кьола ханасул кӏалгӏаялда цо рукъ эркен гьабизе ва гьелъул чӏабар, тӏибитӏун, ракул цӏезабизе. Цо къо уна, кӏиго къо уна… Ахирги ханас нахъойги ахӏула вазир ва «Тӏубарабищ дир амру?» – йин цӏехола. «Тӏубана, бетӏерчӏахъад. Дур изну батани, дунгун цадахъ вилълъайин дуда гьаризе…» – ян кӏалъалаго, вазирги гьоркьов къотӏизавун, ханас абула: «Рилълъа!» – йин. Щола доб чӏабар ракул цӏураб рукъалъул нуцӏихъе. Рагьула вазирас. Доб ракул махӏалдаса магӏарзукъалалги хъаталъ рахчун, гьелдасан жунулел хӏутӏалги рихьун, «Гьаб щиб?!» – илан ахӏдола хан. Гьеб мехалъ кьола вазирас ханасул доб амруялъе рекъараб жаваб: «Гьев аллагьасе гьаб рижиги гӏола», – ян.\nМухӏамад Гӏабасовичас тӏадеги жубана: дур мугӏалимасда гьеб притча бичӏчӏичӏони, тӏадеги жубай: гьев мугӏалимас кьураб лъаялъе гьагъадинаб хӏалтӏиги гӏолилан…\nЖиндихъ гӏенеккун хадуй дун елъидал жиндиргоги ракӏ бохидал, кочӏохъе тӏадеги жубана Мухӏамад Гӏабасовичас:\n«Елъизеги гӏедерай,\nГӏодизеги хӏадурай,\nХӏал кквезеги кӏоларей,\nКӏудияйги гӏоларей,\nГӏадан йиго мун, Тубхӏат».\nГӏажаиблъи, жакъаги гьединай йиго… Гьединлъидал батила, гьал тӏадехун рехсарал мухъалги эпиграфлъун росун, ахираб заманаялъул цо-цо «къалмазул ракӏазул риццалъиялъ» дирго ракӏ тӏерен гьабидал, гьеб бикьизе, бетӏералда квер бахъизе дир мугӏалим чӏаго вукӏараванищан ккедал хъвараб дица гьаб кечӏги:\nКъалмил ракӏ бикьизе чи щолареб мех\nБатӏаго гӏагараб Пушкинил къватӏги,\nПишацояздасан чвахулеб кечӏги…\nБищун дун талихӏаб издательствоги,\nИнсулаб тӏалабгун дир мугӏалимги…\nНахъойги лъукъана ритӏухъаб дир ракӏ,\nРекӏкӏалъ божалида речӏчӏана туманкӏ…\nМидилаго йиго жакъаги уней,\nДун къварид гьаюнин гьесда бицине…\n…Умумул камидал гӏураб рукъ гӏадин,\nЧӏобого, бестӏалго буго коридор…\nДур хьолбохъ хӏалтӏараб, дур малълъ босараб,\nДумалъго къан буго нилъер кабинет…\nБачӏараб заманалъ лъухьун ун буго\nЛъикӏабщинаб заман дир гӏумруялъул.\nРакӏал сахаватал рищун ун руго\nЛъикӏалщинал чагӏи дир дунялалъул…\nДир мугӏалимасде бикьизе тараб\nРалъдалъе чӏехьезе уней йиго дун,\n— Къалмил ракӏ бикьизе чи щолареб мех\nЩайтӏанлъиялъ цӏеялъ, цӏорораб ракӏгун…\nУ, Гӏабасиласул мухъазулъ гӏадин,\nГӏодулей, елъулей жегиги йиго.\nДирго лъималазцин абулеб гӏадин,\nЛъимадул ракӏ букӏун, кӏудияй гӏечӏо…\n…Добго университет лъугӏулаго хъвараб дир дипломалъулаб хӏалтӏиги букӏана цӏикӏкӏарасеб бутӏа Гӏабасил Махӏамадил творчествоялъе кьураб. Гӏемерисел гьесул кучӏдул рекӏехъеги лъалаан. Живго лъалев вукӏиналъ, гьесул цӏиял асаралги къойил гӏадин гьес жинцаго хӏалтӏуда дие цӏалулел рукӏиналъ, гьесул творчествоялъулъ тӏерхьун йикӏиналъ квербакъана дир гьеб хӏалтӏиялъеги. Цо-цо мехалъ гьес абулаан: «Тубхӏатида дидаса лъикӏ лъала дир творчество, элда гьикъейилан».\nЦо нухалъ, гьев живгоги ахӏун, филологияб факультеталъул студентал гурелги, университеталъулго магӏарул студенталги ахӏун, гьесул творчествоялъул вечерги тӏобитӏун букӏана дица (сураталда).\nМухӏамад Гӏабасовичасда дунялалъулго тарихги адабиятги гъваридго лъалел рукӏараб куцалъ хӏайран гьаюлаан дун. Сиражудин Хӏайбулаевас абухъе, республикаялда букӏинчӏин абизе бегьулаан Гӏабасиласул гӏадаб кӏудияб библиотека (жакъа гьеб гочун буго Лъагӏилухъе, гьесул музеялде). Гьесда лъалаан чанги тарихчагӏазда лъаларебги, чанги шагӏирасда рагӏичӏебги, къватӏиса рачӏинарунгицин библиотекаялда ругел тӏахьазул къиматги къисматги. Амма бищунго тӏокӏаблъун гьесие букӏана, тарихалдаги, бахӏарчилъиялдаги, гӏакъиллъиялдаги цониги пачалихъцин гьесие бащалъуларебин кколеб гӏагараб миллат. Бугониги, гьедигӏан лъай гъваридав Мухӏамад Гӏабасовичасул гӏаданлъиялъулги гӏамал гьитӏинлъиялъулги бицунаан гьесул рекӏел бацӏцӏалъиялъги, вуцӏцӏухӏун чӏун, жиндирго къалмидалъун миллат кӏодо гьаби гурони, жиндиего кӏодолъи цӏехонгутӏиялъги, гӏагараб халкъалда цеве вахъун кӏалъазе бокьунгутӏиялъги, гӏагараб миллаталъул цӏаразул къисаби рицунаго бадиб кенчӏолеб магӏуялъги…\nМунагьал чураги дур, рекӏел сахаватлъиялъги баракатаб къаламалъги гӏагараб, дуе кутакалда хирияб миллаталъул тарихалъулъги адабияталъулъги наслабазда батулеб гъваридаб лъалкӏ тарав Мухӏамад Гӏабасович!\nТубхӏат ЗУРГЬАЛОВА"}
{"slug": "17027-zaur-gialisultanov-fizikayaldekhun-bugeb-roki-kidanigi-ssvine-bokilaroan-die", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17027-zaur-gialisultanov-fizikayaldekhun-bugeb-roki-kidanigi-ssvine-bokilaroan-die", "title": "Заур Гӏалисултанов : «Физикаялдехун бугеб рокьи киданиги ссвине бокьилароан дие»", "date": "2022-04-14 09:44:51", "categories": ["gara"], "text": "Физика-математика-химия гӏадал гӏелмабазул чагӏазул рахъалъ дир букӏараб пикру хисизабуна Заур Гӏалисултановас. Дир хӏисабалда, гӏалимзаби рукӏине ккола микроскопазда тӏаде къулун, лабораторияздаса къватӏире рахъунарел, квер квализе щоларел электроназулгун атомазул, квантазул ургъалида гӏумру тӏамулел, чӏамучӏал гӏадамал.\nАмма гьелдаго цадахъ гӏалимзаби чӏамучӏалин дица абиларо, Заурилгун гара-чӏвари гьабун хадуб. Гӏелмуго гӏадин, гӏумруги гӏадамалги ричӏчӏулев гӏолохъанчи ватана гьев.\nГьесул гӏелмияб борхалъиялъул бицунелъул, рехсезе бегьула графеналъул хӏакъалъулъ. Гӏадатго бицани, цӏахӏилаб тӏоккиялдаса батӏалъараб графиталъул цо гъаталда абулеб буго графенилан. Гьелдаса пайда босулеб буго смартфоналги цогидабги гьабулелъул. Докторлъиялъул диссертация гьелда тӏасан хъван буго Гӏалисултановас.\nГьеб борхалъиялде Заур вахиналъе сабаблъун ккарав аслияв кӏиго чиясул суратги бугоан гьесул кабинеталъул къадада чӏван. Гьел ккола Руслан Мейлановги Анри Рухадзеги.\nФизикаялда тӏасан бокьараб суалалъе жаваб щолаанин жиндие Мейлановасухъанилан бицана Гӏалисултановас. Рухадзе вукӏун вуго аспирантураялда гьесул гӏелмияв нухмалъулевлъун.\n«Нилъелъ ругел гӏемерисел гьунарал загьирлъичӏого хутӏула, амма учитель лъикӏав ккани, гьес тӏатинарула гьел. Гьединлъидал гӏемерисеб жо учителасда бараб буго», — ян байбихьана Заурилгун дир гара-чӏвари.\nНижер баян\nЗаур Гӏалисултанов гьавуна 1989 соналда Сулейман-Стӏал районалъул Къасумкент росулъ. Цӏалана ДГУялъул физикаялъул факультеталда.\n23 сон бараб мехалда гьев вахъана физикаялъул гӏелмабазул кандидатлъун. 27 сон байдал Заурица цӏунана гӏелмабазул докторасул диссертацияги. Гьединав гӏолохъанав гӏалимчи Россиялда цо гурони гьечӏо.\nЧанго соналъ цеве гьев вукӏана гӏелмуялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасул кумекчилъунги.\nГьабсагӏаталда Заур Гӏалисултановас дарсал кьола ДГУялда, гьединго хӏалтӏулев вуго РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб физикаялъул институталда.\n«Нартидеги, меседалдеги, газалдеги божун чӏезе бегьуларо»\n— Заур, росдал школалда дуе физикаялъул дарсал кьолев вукӏарав учитель гуревги, цойги щиб сабаблъараб дуца гьеб махщел тӏаса бищиялъе?\n— Киназго кьола дие гьеб суал. Амма физикаялдехун хурхен бугел чагӏи гьечӏо нижер хъизаналда, я тухумалда. Эменги черчениялъул учитель вуго. Чӏахӏиял классазде вахиндал, дирго гъира бижана тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ гӏелму лъазабиялдехун, Бокьулаан зодовеги валагьун, унаго моцӏроца толеб нух (мухъ) борцинеги.\nДие рокьуларо щибниги баянги кьечӏого, гӏицӏго гьале гьаб жо ракӏалда чӏезабизе кколилан абулел гӏелмаби. Масала, химия – гьенир ракӏалда чӏезаризе ккола правилаби, катализаторалъул букӏунеб кьер, атомалъул энергетикиял даражаби, сунда жаниб чан электрод букӏунебали. Гьелда дандеккун физикаялъ бичӏчӏизабула тӏабигӏаталда ккараб бокьараб лъугьа-бахъиналъе чӏванкъотӏараб гӏилла кинаб бугебали. Гьединлъидал дида гьеб ракӏалдаги чӏола.\nТӏадежоялъе гьеб предмет кьолев учительги лъикӏав ккана дие.\n— Дипломги гӏелмияб цӏарги щварабго, гӏелму цӏехей чӏезе толеб гӏадатги гьечӏищха цо-цоязул.\n— Гӏелму лъазабулел чагӏи рукӏине ккола гьелъие мутӏигӏалги, гьеб гӏелму жидер хӏалтӏилъунги рикӏкӏунарел гӏадамал. Гьединал чагӏаз хӏисаб гьабуларо гӏодоркъоязулги отпусказулги. Сордокъоялда жанир бокьараб гӏужалда гӏелму цӏехолел рукӏуна ниж. Гьелдасан кӏудияб лазатги щола. Бихьуларищха нижее бугеб лъикӏ – рекӏее кутакаб асар гьабулеб ишалъухъ жеги гӏарацги кьолеб буго пачалихъалъ (велъулаго).\nАмма унго-унголъун хӏисаб гьабуни, гӏелмуялда бараб жо гӏемер букӏуна бокьараб пачалихъалъул. Тӏабигӏиял сурсатаздалъун кигӏан бечедаб букӏаниги, гьелъул ахир лъикӏаб кколаро, гӏелмуялдехун мугъ сверулеб бугони. Гьабсагӏаталда нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунебщинаб жо ккола гӏелмиял цӏехрехазул хӏасил – гӏадатияб ярагъги, биологияб ярагъги, информациялъул ярагъги. Гьеб кинабго камун хутӏани, нартицаги, меседалъги, газалъги кумек гьабуларо улкаялъе.\n«Аслияб жо — нилъго нилъецаго махсараде ккунгутӏи»\n— Щуго соналъ цебе кьураб цо интервьюялда дуца бицунеб бугоан гӏелму тӏалаб гьабиялъе бюджеталдасан биччалеб гӏарцул мукъсанлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса нахъе иш кин хисараб?\n— Гьанжеялдаса 15 соналъ цебе букӏараб ахӏвал-хӏалалда дандеккун, гӏезегӏан кӏудиялги лъикӏалги хиса-басиял ккана. Доб мехалда гӏалимчиясул хӏакъалъулъ гӏадамазул пикру букӏунаан гьабун квердаса жоги релълъунарев, тӏахьазде тӏаде къуларав, вакъуца холев вугев чиясул рахъалъ гӏадаб. Гьанже гьеб пикру тӏубан хисана. Гӏезегӏан ракӏгъураб гӏумруги цебетӏураб рукӏа-рахъинги букӏуна гӏалимзабазул. Хасго гӏолохъаназухъа бажарулеб буго грантазулгун проектазул къецазда бергьине. Цоцазул хӏалбихьи гӏахьал гьабизе республика ва улка тун къватӏиреги унаан гьал санкциялги цогидал гьукъа-къаялги гьаризегӏан.\nГьелдаго цадахъ гӏелму цебетӏеялъе бечедал цо-цо улкабазда кьолебгӏанасеб гӏарацни нилъер гьаниб биччалеб гьечӏоха жеги.\nБукӏаниги, доба къватӏиб конкуренция кӏудияб буго. Профессорлъун вахъине ккани, цо улкаялдаса цогидаб улкаялде хьвадун, хӏалтӏун, таманаб гӏетӏ тӏезе ккола гӏалимчияс. Нилъер гьаниб гьеб рахъалъ буго эркенлъиги бигьалъиги. Хӏатталдаса ун кӏудияб гьечӏониги, моцӏимоцӏие мухь щолеб хъулухъниги буго пачалихъалъ чӏезабун. Амма хӏалтӏуе хӏажатал шартӏал чӏезари дагьаб хашго буго. Гӏалимчиясе къваригӏараб цониги алат гьабун, бачӏине лъагӏелаз чӏезе ккола цо-цо мехалъ.\nДагь-дагьккун жеги хисила гьеб. Такрарлъулев ватаниги абилин, ахираб заманалда гӏемер руго школаздаса байбихьун тӏуразарулел гӏелмиял программаби. Гӏалимзабазулги рес буго гӏарац балагьизе даран-базаралде яги тӏубан батӏияб цогидаб ишалде руссинчӏого, гӏицӏго гӏелмуялда тӏадги чӏун лъикӏал харжал щвезе.\nГьаниб бищун аслияб жо буго нилъго нилъецаго махсараде ккунгутӏи. Гӏелмуялда хадур гӏунтӏула гӏицӏго гьелъие мутӏигӏал гӏадамал. Гурони, кида-къадги гьез жидецаго тезе ккола гьеб.\n— Ритӏухълъи кидаго букӏунадай гьел гранталгун проектазул къецазулъ?\n— Дун гӏахьаллъула федералияб даражаялда тӏоритӏулел къецазда. Гьединлъидал гьеб рахъалъ кинабгӏаги тӏекълъи дандчӏвачӏо дида доба. Нилъер гьанибги гьанже гӏезегӏан халкколеб батила комиссиязул, экспертазул хӏалтӏуда хадуб Амма 10-15 соналъ цебегони рагӏулаан бицунеб физиказул хӏалтӏаби хал гьабизе филологазухъе кьун ругиланги.\n— Гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилал ругин, амма гьел гӏумруялде рахъунел гьечӏилан бицун букӏана цо информагентствоялъе нужер директор Ахъай Муртазаевас (РАНалъул ДФИЦалъул директор – авт.). Дурги бугищ гьединабго пикру?\n— Буго. Цогидал бакӏазда фундаменталияб гӏелмуялдаса гӏемер пайда босула улка цӏуниялъул министерствабаз, чӏахӏиял технологиязул ва цогидал компанияз. Нилъер гьанир абуни гьеб министерствоялъул жиндирго институтал руго къваригӏараб къайи хӏадурулел. Гьединлъидал щоларо гьезухъа заказалги. Чӏахӏиял технологиязул компаниялги цӏакъ дагь руго нилъер.\nДида ккола нартги газги гӏемерлъиялъулъ бугин нилъер гӏунгутӏи. Гӏицӏго нартги газги бичун щвараб гӏарцуде ракӏги гъун чи чӏани, цогидаб рахъ цебетӏечӏого хутӏиларищха гьесул. Гьединлъидал цинтӏаго щолеб хайирги букӏаго, чанго соналдасан тӏадбуссун жиндие пайда кьолеб ишалъе (масала, гӏелмуялъе) гӏарац биччачӏого чӏола гьев.\nГьединлъидал хутӏулеб буго фундаменталияб гӏелмуги, жиндир цӏех-рехазул хӏасилаздаса пайдаги босичӏого, заказалги щвечӏого.\nЦебетӏолеб дунялги, нахъе цун тараб физикаги\n— Дуца дарсал кьолел студентазул бицани, гӏемер ругищ физфакалде цӏализе лъугьунел гӏолилал? Гьанже модаялда экономисталгун юристал ругелъул.\n— Цогидал факультетазда дандеккун, кӏудияб гьечӏо гьезул къадар. Дун кутакалда гӏажаиблъизавулевги вуго гьеб хӏужаялъ. Къойилго гьаб дунял цебетӏун унеб бугеб куцги бихьулаго, школа лъугӏун унел гӏолилаз физика-математика тӏаса бищунгутӏиялъе гӏилла лъазе бокьун гьабсагӏаталда хъвалеб цо гӏелмияб макъалаги буго дир. Кирехун ралагьаниги, нилъеда рихьула кванталъулал технологиялги, искусственнияб интеллектги, гӏадамал хисулел роботалги. Гӏадатиял роботални нусго соналъ церегоги раккун рукӏана. Гьанжесезда абула «умные роботы» ян. Гӏадамаздасаги «гӏакъиллъун» руго гьел. Дагьабниги лъугьа-бахъунеб жоялъе къимат кьезе лъалев чиясда бичӏчӏизе ккола 10- 20 соналдасан гьабсагӏаталда ругел киналниги махщелчагӏазул 80 процент роботаз хисизе рукӏин.\nГьединлъидал гьеб киналъулго хӏисаб гьабидал, физика нахъе цун хутӏулеб букӏиналда гӏажаиблъизе бачӏунеб буго. Нилъер республикаялъул школлъималаз къанагӏат гурони физика тӏаса бищунгутӏиялъе гӏилла щиб?\n— Гӏарацги цӏаралги спортсменазе щолеллъи бихьулеб батилаха гьездаги.\n— Дица доб макъалаялда бичӏчӏизабулеб буго кватӏичӏого гьеб кинабго лъугӏулеблъиги церетӏурал пачалихъазда хадур гъезе нилъер цодагьабго рес бугеблъиги. Бер къапилалде хисулеб дунялалда гӏумру гьабун руго нилъ жакъа. Гьединлъидал гьабсагӏаталда кквезе щвараб жо борчӏизе биччан тани, хадур нилъ тӏубанго рачӏалда хутӏизе руго.\nБокьараб пачалихъалъул хазиналъун ккола информация. Босе, масала, банкалъул карточка, яги балъгояб рагъул хӏакъалъулъ баянал данде гьарураб база. Щибго тӏаса камичӏого, бугеб куцалда гьеб информация цӏунизе кӏвей ккола бокьараб пачалихъалъ цебе лъолеб аслияб масъала.\nГьединлъидал нилъер школлъималаз гьединал шартӏазда физикагун математика тӏаса бищичӏого чараго гьечӏо. Амма иш тӏубанго квеш бугиланги абиларо дица. ДГУялъул физфакалде лъугьинчӏониги, школаздасанго Россиялъул регионаздеги унел руго гьел цӏализе.\nЕГЭялъги баллазул системаялъги хвезабуна цӏалул иш. Цӏалдохъан куцалев вуго лъай щвезе гуреб, гӏицӏго баллал щвезе мурадалда. Гьединлъидал экзамен кьун дагьабго заманалдасан гьесда кинабго кӏочонги тола. Щайин абуни, мурадалда бараб букӏуна гӏемерисеб жо. Жакъасел студентазул мурад буго ЕГЭялда хӏажатал баллал росизе. Гьелъие къваригӏараб гурони лъайги тӏалаб гьабулеб гьечӏо.\nБукӏине кколеб куцалда реклама гьабунгутӏиялъул магӏнаги батила гьелъулъ. Цӏализе гӏолилал ахӏиялъул къагӏидаги хисизабизе ккола. Цо росулъ гӏолилалги данде гьарун, жидехъе цӏализе рачӏани, нужее лъикӏал къиматал лъелинги абун гуро гьел вузалде цӏазе кколел. Гьеб буго «кӏийилал» щолел цӏалдохъабазе данде кколеб къагӏида. Отличниказе абуни гьеб къваригӏунаро. Гьезие къваригӏун букӏуна жал профессионалаллъун рахъине. Гьезда абизе ккола нижеда лъаларин ахиралде щвезегӏан нижер факультеталда цӏализе нужеда кӏвелебищали, амма кӏванани, дунялалъул бокьараб улкаялда хӏалтӏизе бажаризе бугин нужехъа.\nДида ккола нилъер Дагъистаналъул халкъалъул ресал гӏезегӏан кӏудиял ругилан. Амма ине кколеб рахъ бихьизабизе кколаха гьезда.\n— Хасаб махщел, иш ирсалъе щолеб къагӏида букӏунелъул («на генном уровне»), спортсменалги рагъухъабиги гӏемерал нилъеда гьоркьор рахъинадай кӏиабилелги Эйнштейнал, Теслаги, Ньютонги?\n— Битӏараб буго. Гӏадада гуро Нобелил премия щварал гӏалимзабазул 80 процент жугьутӏазул миллаталъул бугеб. Унго-унгоги гӏакъилаб, цебетӏураб пикруялъул миллат буго гьезул. Амма гьезда хадур гъечӏониги, нилъер гьанирги рукӏана кидаго лъай кьеялъул централ. Россиялъул Югалда цохӏо нилъер гьаниб гурони гьечӏо РАНалъул филиал. Къватӏиса улкабазде щвезегӏан цӏар рагӏарал гӏалимзабиги руго гьанир. Масала, физиказул бицунеб бугони, рехсезе бегьилаан нижер институталда цӏар лъурав академик Хӏабибула Гӏамирханов, Ибрагьимхан Камилов, Ахъай Муртазаев, Муртазагӏали Рабаданов. Гьабсагӏаталда халкъазда гьоркьосеб даражаялдагицин машгьураб буго Ахӏмад Гӏалиевасул эксперименталияб къокъа, гьединго Агъалар Агъаларовасул цӏар.\nДГУялдаги буго плазмаялъул физикаялъул къуватаб школа.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "17028-shchaj-l-imalaz-mal-arab-bosulareb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17028-shchaj-l-imalaz-mal-arab-bosulareb", "title": "Щай лъималаз малъараб босулареб?", "date": "2022-04-14 10:08:04", "categories": ["history"], "text": "«Вай, гьанжесеб гӏелалъул тарбия гьечӏолъи! Я чӏахӏиязул адаб, я гӏисиназул хӏурмат гуро. Хӏалтӏиги тушман буго гьезул. Гӏарацги хирияб буго. Тӏубараб къоялъ кодоса телефонги биччаларо. Къиямасеб къо гӏагарлъулеб букӏиналъул гӏаламат батилаха гьеб», — ан абун гӏарзахъдула чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал. Щайха гьанжесеб гӏелалда тӏасан гӏарзал камуларел? Малъараб щай лъималаз босулареб?\nЛъималазе тарбия кьеялъул бицунеб мехалда чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз абула жидер заманалда гӏолилал батӏиял рукӏанин. Жидедаса кӏудияв чи вугеб бакӏалда лъималаз бетӏер борхулароанин мисалги бачуна гьез. Чӏахӏияз гӏолохъанаб гӏел каки инсаният бижаралдаса нахъего букӏараб гӏадат батилин ракӏалде ккола, цере рукӏарал цо-цо гӏалимзабазул ва хъвадарухъабазул хъвай-хъвагӏаял цӏалидал. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда кӏочон толеб буго лъимал Къуръан гӏадал рацӏцӏадаллъун рижун рукӏин. Кӏудиял гӏунагӏан сверухъ бугелда рекъон хисулеллъи.\nЖакъа нилъер рес гьечӏо умумузул гӏадатазда рекъон лъималазе тарбия кьезе. Лъикӏаб батаниги, квешаб букӏаниги, дунялалъулго культураби гъорлъ жубараб тарбия щолеб буго лъималазе. Эбел-эмен магӏишат гьабулел ругебгӏан мехалда, лъималаз Интернеталъул «бахӏарзаздаса» мисал босичӏого толаро.\nБакъбаккул улкабазул гӏолилазул гӏадаб хьвада-чӏвади бугин гьанжесеб гӏелалъулин абула цо-цояз. Гьекъолдулел, наркотикал хӏалтӏизарулел, саяхъго хьвадулел гӏолилазул хӏакъалъулъ нилъеца бицуна рикӏкӏадасеб, нилъеда хъвалареб балагьалъул кинниги. Нилъерго хъизамалдеги щвелин гьеб балагьалъул тӏирабиян ракӏалдего кколаро. Нагагь лъималаз мекъаб нух тӏаса бищани, кинабгӏаги сурукъаб, рекъечӏеб иш гьабуни, гьеб бахчизеги гӏедегӏула. Гӏемерисез жидерго лъималаз гьабураб гъалатӏ рукъалъул рагьумахӏу тун къватӏибе биччаларо. Катица жиндирго чороклъи ракьги тӏаде хъван бахчулеб кинниги гьеб тӏупизе гӏедегӏула. Гьелдалъун лъималаздаги ракӏалде ккола квешлъи лъидасаго бахчун гьабизе бегьулеб жо бугин абун. Амма кигӏан бахчаниги, цо къоялъ гьеб гъалатӏ къватӏибе рехун бачӏуна. Лъимал рукъалде руссиндал, киназдаго бихьула ва бичӏчӏула кинаб тарбия гьезие эбел-инсуца кьун бугебали. Тӏад гъалайги биччан къачӏакӏатӏан росасе кьурай гӏамал мекъай ясалъе ва кеп кьабун ругьунав, хъизаналъ данде вачинеян ригьин гьабурав васасе тарбия кьезе лъугьуна гьезие лъимал гьарун хадуб. Гӏемерисеб мехалда лъималазе тарбия кьезе кватӏун ратула умумул.\nГьанжесеб гӏелалда кӏоларо щибго мекъаб ва захӏматаб жо хӏехьезе. Гьоркьоб цо-кӏиго нухалда дагӏба ккарабго риххулел руго хъизаналги. Жиндир заманалда лъималазе тарбия кьезе лъачӏел эбел-инсуца гьеб мехалда гӏайиб чӏвалеб буго «ккаралъуб къо хӏехьезе бажаруларел» гьанжесел нусазда, дурцазда. Цогидазда гӏайиб чӏвай бищунго бигьаяб иш гьечӏищха?\nИнтернеталъ куцарал\nГьанжесеб заманалъул лъимал батӏиял, тарбия босизе захӏматал ругин абула гӏемерисез. Гьеб пикру мекъаб бугин абизе кӏоларо. Эбелинсуца нилъ куцахъе гьанжесел лъимал куцан бажаруларо. Нилъер заманалда букӏинчӏо Интернет. Дунялалъулго батӏи-батӏиял культурабиги лъалароан. Жакъа лъималазул рес буго Интернеталдасан бокьараб информация балагьизе. Интернеталъ лъимал данде гьарулел руго батӏибатӏиял субкультурабазде. Цо-цоязе бокьулеб гьечӏо чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал ругьунлъараб гӏадатияб къагӏидаялъ гӏумру гьабизе. Гьеб нилъеда бихьулеб буго жакъа школазда цӏалулел багӏарккараб, хъахӏилаб ва цогидалги гӏадатиял гурел кьераз рас белъарал лъималазулъ, гьезул ретӏа-къаялъулъ. Телефоналде къулун бугеб лъимералда гӏемерисеб мехалъ бихьулеб гьечӏо сверухъ кколеб бугеб хӏакъикъат. Пуланав блогерасул, футболистасул, актерасул гӏумрудул хӏакъалъулъ цӏикӏкӏун лъалеб батула гьанжесел лъималазда. Нилъерго бахӏарчиял умумузул ва рухӏиял церехъабазул хӏакъалъулъ нилъецаги бицунеб гьечӏони, гьезги щибха гьабилеб.\n25 сон базегӏан инсанасул пикру, гӏакълу тӏубанго камиллъуларин абула. Гьеб заманалда жаниб хӏатӏ кинигин бокьахъе гьетӏизабизе, бокьараб форма лъугьинабизе рес буго инсанасул гӏакълуялъул ва хасияталъул. Бищунго нилъеца кӏвар кьезе, лъикӏалде куцазе кколеб заманалда лъимадул ботӏролъ босулеб буго хӏажат гьечӏеб информация, чияр культура. Телефон кодоб кквезе ругьунлъаралдаса нахъе, гӏодиларедухъ, квалквал гьабиларедухъ, нилъго рокьиледухъ лъимадухъе кьола Интернет хӏалтӏулеб телефон.\nВШЭялъул НИУялъул статистикиял цӏех-рехазул институталъул баяназда рекъон, улкаялъул 3-6 сон барал лъималазул 68 проценталъ пайда босулеб буго Интернеталдаса. 14-16 сон баразул — 80 проценталъ. Сундухъ ралагьулел лъимал? Интернеталъуб щиб гьез цӏехолеб?\n«Касперскиясул лаборатория» абураб халкъазда гьоркьосеб компаниялъ 2021 соналда гьабураб цӏехрехалъул баяназда рекъон, лъималаз Интернеталда бищунго гӏемер хӏалтӏизарулел руго социалиял гьинал (59,6 процент), хадуб интернет-тукаби (9,1 процент). Лъималаз цӏехолеб информациялда гьоркьоб 8,9 проценталъул бакӏ кколеб буго «18+» тайпаялъул видеоялъ. Гьез цӏехолеб информациялъулъ гьитӏинабго бакӏ кколеб буго хӏаяз, цоцазде хъвадарулел гӏаммал чатаз, наркотиказ, яргъица ва гь. ц. Гьел баянал щун руго Интернеталъул заралалдаса лъимал цӏунизе «Касперскиясул лабораториялъ» гӏуцӏараб «Родительский контроль» абураб программаялъул кумекалдалъун. Гьеб программаялъ лъималаздаса кинабго квешабщинаб, ай гьукъанщинаб информация ва сайтал «рахчула».\nТарбия – бищун кӏудияб сайгъат\nЖиндирго рокъоб бугелъул хӏакъикъат лъазабичӏого, чияр лъимер какизе щивго гӏедегӏула. Нилъер щивасул рокъоб дандчӏвала гьеб хӏакъикъат. Гьелда тӏасан имамзабазги гьоркьоса къотӏичӏого вагӏзаби гьарула. Бечедаб магӏишаталдасаги лъикӏаб ратӏлидасаги эбел-инсул тӏалаб къиматаб букӏунин лъималазеян абула гьез.\nМухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго, эбел-инсуца лъималазе кьолеб бищун кӏудияб сайгъат кколин битӏараб тарбия. Къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебе бищунго кӏудияб мунагьлъун кколин хъизамалъул лъай гьечӏолъи, исламалда рекъон гьезие лъай кьечӏолъиян буго хӏадисалда. Исламиял гӏалимзабаз хъвалеб буго, лъимада Аллагь ва Авараг рехсезе малъулел, Къуръаналдаса цо-цо аяталги цӏализарулел эбел-инсуда Тӏадегӏанас Къиямасеб къоялъ кӏал гьикъизе гьечӏин. Лъимал кӏудиял гӏураб мехалъ гьезда малъараб кӏочонаро ва гьез гьарурал лъикӏал ишазухъги эбел-инсуеги букӏуна кири.\nДиналда рекъараб лъикӏаб тарбия кьезе ккани, кин гьелде лъималазул рокьи бижизабилеб?\nГьитӏинаб къоялдасанго лъималазда исламалъул хӏакъалъулъ бицина. Аби буго, лъималазе тарбия кьелалде цебе цин дуего тарбия кьеян. Кигӏан нилъ гьезда малъараниги, гьез нилъер гӏамал-хасият такрар гьабулин абула. Хъизанго рокъоб бугебгӏан мехалда цадахъ жамагӏат гьабун как базе, лъималгун цадахъ исламалъул хӏакъалъулъ, лъикӏаб хьвада-чӏвадиялъул бицунел мультфильмазухъ ралагьизе лъикӏаб букӏина. Масала, «Нусса» абураб Индонезиялда бахъараб мультфильм цӏакъ бокьула гьитӏинал лъималазе. Гьелъул аслиял бахӏарзал — вац Нуссаца жиндирго яц Рарада кӏудиязул адаб гьабизе малъулеб буго, какил ва кӏал кквеялъул хиралъиялъул ва исламалъул берцинлъиялъул бицунеб буго. Гьединго Дагъистаналъул «Бахӏарчияв вас» абураб мультфильмалъ инсанасул сурукъаб, квешаб хасият какула, къватӏиб чӏвазабула.\nРокъоб парахалъи ва аваданлъи цӏуне. Расги барахщичӏого лъималазе рокьи кьейин малъула психологазги. Талихӏал ва жалго рокьулеблъи лъалел лъимал киданиги такъсирчагӏилъун лъугьунарин абула гьез.\nЛъималазухъ гӏенеккизе ругьунлъе. Жидерго лъималазе лъикӏаб тарбия щвезе киналго эбел-инсуе бокьула. Гӏемерисел гьезда малъарулелги рукӏуна гьоркьоса къотӏичӏого. Лъималазул рекӏелъ щиб бугебали, гьезул пикрабазухъ гӏенеккизе киналго умумузда гуро лъалеб. Эбел-инсуда жидерго пикруги къварилъиги бицине бажаричӏел лъималаз, жалго ричӏчӏулел цогидал гӏадамазе бикьула ургъел.\nЛъималазе лъикӏал гьудулзаби ралагьила. Абугьурайратица бицараб аварагасул хӏадисалда буго: «Жиндирго гьудулас гьабулеб диналде вуссуна инсан. Нужер щивас кӏвар кьун хал гьабе лъилгун гьудуллъи гьабулеб бугебали».\nНилъерго лъималазе кидаго дугӏа гьабила. Эбел-инсул дугӏа цӏакъ къуватаблъун рикӏкӏуна. Гьединлъидал, лъималазе тарбия кьолелъул гьезда битӏараб нух бихьизабеян Аллагьасда гьарун, дугӏа гьабизе ккела.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17033-sabi-kiodol-g-asda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17033-sabi-kiodol-g-asda", "title": "Саби-кӏодол гъасда", "date": "2022-04-14 11:29:09", "categories": ["insan"], "text": "Абула, гьаб дуниял гӏисинал лъималазги цӏикӏкӏарал чагӏазги ккун букӏунилан. Унго, цо харабазда букӏунеб баракат, гьезул гъасда букӏунеб хинлъи! Бокьула дие зама-заманалдасан гьезул гӏакъилаб каламалъухъги, жидецаго нахъа тарал соназул хӏалбихьиялдасан гӏуцӏарал гӏумрудул дарсазухъги гӏенеккизе, гьезухъе гьоболлъухъ ине.\nНекӏогоялдаса нахъе бокьун букӏана Хунзахъ росулъа Саби-кӏодолгун гара-чӏвари гьабизе. Гьелъул рокъове лъугьиндал, цо гӏажаибаб хинаб асар лъугьана рекӏее. Пасихӏаб каламалдалъун гьей гаргадизе лъугьиндал, цебе заманалда гьоболлъухъ щванилан кколеб букӏана.\nСабигат Хунзахъ росдал жавгьар йигилан абуни, дун мекъи ккеларо! Гьей йиго чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанаб налъи бичӏчӏулей, магӏарул яхӏ-намус борхатго ккурай, ккаралъуб бажариги къохӏехьейги бугей инсанги, жигарай жамгӏияй хӏаракатчӏужуги, гӏун бачӏунеб гӏелалъул тарбиячӏужуги. Хвел-гӏел ккараб бакӏалдаги, росулъ тӏоритӏулел кӏвар бугел тадбираздаги, исламияб дин цебетӏезабиялъеги Сабигатица бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабула.\nГьале жакъаги, Сабигатихъ гӏенеккараб мехалъ, дица пикру гьабулеб букӏана кисадай гьалъие гьадинаб гӏакъиллъиги цӏодорлъиги щварабилан.\nДие тарбия щвана умумузул гъасда\n— Дир эбелалъул инсул чагӏи къадизабазул наслуялъул чагӏи рукӏун руго. Абу-муслим шайих исламияб динги босун Хунзахъе вачӏараб мехалъ, гьесда цадахъ рукӏаразул кӏигоял Болъихъе, кӏигоял Гъумекире ритӏун руго, лъабгоял Хунзахъго чӏун руго. Хунзахъ чӏаразда гьоркьор рукӏун руго Гӏамир Гӏабас, Гӏамир Ахӏмад, Ахӏмаду Шами. Ахӏмаду Шамил наслу кколаан дир эбелалъул инсул тухумкьибил. Гьел лъабалго рукъун руго Хунзахъ росулъ вализабазул хабзалалъ. Гьезулго наслу-тухумалъул чагӏи рукӏана Махсудкъадиги гьесул васал Нурмухӏамадкъади ва Дибиркъади.\nНурмухӏамадкъади вукӏун вуго чанго гӏелму лъалев гӏалимчи. Гьев Никӏалайихъе ахӏун араб мехалъ, гьес кьураб меседил сагӏатги, цогидал сайгъатал жанир лъурал чемоданалги рукӏана дир кӏодоэбелалъул дора цӏунун. Дир инсул кӏодоэбел йикӏана Задайилан абурай чӏужу. Зада кколаан наиб Хӏажимурадил яцалъул вас Эльдарил яс. Дун гьитӏинай чӏужу йигеб мехалъ, Зайирбег Гӏалихановги халкъияб кӏалзул гьунар бакӏарулел гӏурус гӏалимзабиги рачӏун рукӏана гьелъухъаги баянал ракӏаризе. Ракӏалда буго гьелъ гьезие цӏалараб, Баху-бика чӏвараб къоялъ жинцаго гьабураб магӏуги:\nГӏуммаханил Бахул халатаб габур Хвалчаца къотӏараб къиямасеб къо. Бахуе гьарурал гьиналъул васал Харица рухӏараб вахӏидул къапар.\nДун 10 сон барай чӏужу йигеб мехалъ хвана дир эмен. Тарбия кьуна эбелалъги кӏодоэбелалъги. Гӏемерисеб мехалъ дун йикӏунаан дирго дахӏабабал доя. Цӏакъ бокьулаан гьелъги, гьелъухъе гьоболлъухъ рачӏарал харабазги бицунелъухъ гӏенеккизе. Дица гьезде гьарурал кочӏол мухъалги руго гьадинал:\nКӏодоэбелалъул гьитӏинаб хӏужа, Дун кӏодолъаниги, щола ракӏалде Радал къалъизегӏан Къуръан цӏалулеб Гьеб берцинаб гьаракь букӏуна рекӏелъ.\nГьитӏинго харабазухъан щварал гӏакъилал дарсал абадиялъго дир рекӏелъ хутӏана, гьел дие гӏумруялъул сухъмахъазда цӏакъ хӏажалъана.\nЭбел-бахӏарчӏужу\nГьитӏинго эменги хун, бесдаллъунги хутӏана Пакъирай эбелалде кӏудияб ургъел ккана. Дирги рукъалъул хӏуби къокъидаго бекана, Эбелалъул гӏадинаб къисмат диргоги ккана.\nХехгого бетӏергьанчиги хун, Сабигатица гӏезабуна 10 лъимер. Бигьаго букӏинчӏо гьелъие гьел хьихьизе, гӏезаризе.\n— Цебе, гьанже гӏадин, улбузе капиталги кьолароан, лъимал гӏемерал улбузе гьабулеб кумекги букӏунароан. Цохӏого цо «Эбел-бахӏарчӏужу» абураб 1-2 орден кьуна. Гьелъухъги доб заманаялъ кепкал гурого щолароан. Гьединлъидал гӏезегӏан къо бихьана дида гьел гӏезарулаго. Гӏемерал бакӏазда хӏалтӏана. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьелги куцана дица захӏматалде. Гьанжейин абуни, дица рикӏкӏуна дун бечедай чӏужу йигин. Лъималаздаса кӏудияб бечелъи щиб букӏунеб?\n«Доб заманалъухъ урхъун йикӏуна»\nСабигатида бихьана чанго батӏияб заман. Лъимерлъи байбихьана рагъул соназдасан, хадуб рагъда хадусел захӏматал сонал, улка тӏегьан букӏараб заман, гьелда хадуб хӏукумат биххараб заман ва жакъасел къоял. Кинаб заман, дур пикруялда бищунго лъикӏаб букӏарабин гьикъидал, Сабигатил берал кенчӏана.\n— Битӏараб бицани, дун урхъун йикӏуна доб заманалъухъ! Цо-цо мехалъ йикӏуна, цодагьаб мехалъ урхъи буссинегӏан цебесеб заманалде тӏад юссине рес букӏарабаниян. Узухъда, доб букӏана жо мукъсанаб, захӏматаб заман. Амма сундулго къиматги, сундулъго гӏадлу-низамги букӏана. Гьабулеб лъугьи-рихьиялда сундаго бегӏ букӏунаан, гӏадамазда гьоркьобги гьуинлъи, рекъел букӏана.\nЖакъаги квеш бугин абизе бегьиларо. Цӏалакъалиялъеги, хӏалтӏи-пишаялъеги, магӏишталъеги цебеялде дандеккун гӏемерал ресалги, сурсаталги, шартӏалги руго. Амма гьелдасан пайда босулел гӏемер гьечӏо. Киназго абула, заманги гӏадамалги хисун ругилан. Амма лъицаниги пикру гьабулеб гьечӏо жидерго гӏамал-хасияталъулги хьвадачӏвадиялъулги.\nХисана магӏарул чӏужугӏаданги. Цебе магӏарул чӏужугӏаданалъул хӏалтӏи гӏемер букӏунаан. Моцӏрол канлъухъеги хурир-харинирги хӏалтӏулаан, боцӏи-панзги хьихьулаан, жидерго хъизан-рукъги данде бачунаан. Жакъасей чӏужугӏаданалъе цодагьаб эркенлъи буго. Чан ругел жакъа къоялда хур-херги гьабулел, боцӏипанзги хьихьулел чагӏи? Дир пикруялда, унго-унгояй магӏарулай йикӏине ккола шаргӏалда рекъон хьвадулей, цӏуна-къарай, сабурай чӏужугӏаданлъун.\nАнкьгьунар\nСабигатида лъала гӏадамазулгун хӏал рекъезабизе, гьезул ракӏ батулеб рагӏи абизе. Гьелъул кӏудияб махщел буго магӏнаял, чвахун рачӏунел кочӏол мухъал херхинеги. Росулъ хвел-гӏел ккараб бакӏалдаги исламияб дин цебетӏезабиялъеги гьелъ бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабула. Росулъ тӏоритӏулел тадбиразда, данделъабазда Сабикӏодоца гӏун бачӏунеб гӏелалъе вагӏза-насихӏат гьабула.\n— Шагӏир дун йигилан абизе бегьиларо, гьанже харадуний яхъун цо-цо дирго ракӏ унтарал жалазда тӏасан пикраби кочӏодалъун загьир гьарулей йикӏуна. Бокьула гӏун бачӏунеб гӏелалъе вагӏзанасихӏат гьабизе. Дида тӏокӏцӏарги лъун буго дугӏахалатилан (елъулаго).\nГӏумрудул хӏисабги гьабулаго…\nСабигат йиго гӏадамазда гьоркьоб къадру-къимат борхатай, магӏарулалъул тӏабигӏат-гӏамал чорхолъ бессарай инсан. Гӏумрудул сухъмахъазда гӏемер къварилъаби-захӏмалъаби дандчӏваниги, гьелъ яхӏ-намусалда хӏур хъвазе течӏо, гьумер нечолеб, къадараб иш гьабичӏо.\n— Нахъа тарал соназул хӏасил гьабуни, дица абила дун талихӏай инсан йигилан. Гьайгьай, гӏезегӏан захӏмалъаби дандчӏвана гӏумруялъул нухда. Амма щибаб нухалъ къуркьунгутӏизе дие кумек гьабулаан сабруялъ. Гьебгӏан цӏакъаб жо дида батичӏо. Дида лъан, лъилниги ракӏ лъукъулеб иш гьабичӏо, кидаго хӏаракат бахъула гӏадамазулъ кӏванагӏан гьуинго йикӏине. Лъималаздаги гьебго малъула дица.\nЙохарай йиго, гӏадамазда гьоркьор къадру бугел, тарбия бугел лъимал лъугьиналдасаги. Бигьаго букӏинчӏо дие, рукъалъул чиги нахъа гьечӏого, гьел гӏезаризе. Амма Бетӏергьанас кумек гьабуна. Гьанжейин абуни, гьаз дун хан гӏадин хьихьун йиго.\nМухӏамад МАНАПОВ\n«Хӏамзат, вахъа тӏаде»\nХӏамзат, вахъа тӏаде, тӏубачӏин мун хун,\nТӏубан бугин мурад дур кечӏ-бакъалъул.\nДоб кочӏолъ ахӏараб чохтӏо-кӏазалъул,\nХутӏараб жо гьечӏин гьанже магӏарухъ.\n«Умумузул гӏадат гӏодобги рехун»,\n«Гӏандиса Патӏица» форма хисана,\nБералда бихьичӏеб, гӏинда рагӏичӏеб,\nЦо батӏияб ратӏлилъ ругин гӏолилал.\nЦебеса, нахъаса, хьолбохъа ссурал,\nГьари берцин буго модаян абун,\nЧахтӏикьан раккарал халатал гъалал,\nХисун ругин гьанже прическабаца.\nРукъалъул ракьанда телевизор лъун,\nГьелъ малъулеб буго гьанже хьвадизе.\nГьенир жанир ругел рекламабаца\nБутӏрул сверун руго ал гӏолилазул.\nДоб дуца ахӏараб Америкаги,\nИнсул рукълъун буго гьанже халкъалъе.\nЕвропа, Азия, аз хӏетӏ чӏечӏеб бакӏ,\nХутӏун батиларо дуниялалда.\nХирачил Гӏалица гӏезе гьарурал,\nГӏиял рехъабиги хъурмица чӏвана.\nХъутан-утаралде ине кколаро.\nОкорочкабазул тукаби цӏуна.\nГьей дур Хъандулалда кваназе лъачӏел\nКотлетазул буго гьанже къадеквен,\nКъарнабаз цӏунараб магӏарул гӏадат,\nГӏодобе рехана ххазабейилан.\nГӏаданлъи тӏагӏараб, тӏекълъи гӏемераб,\nТӏахьаз бицаниги жо бичӏчӏуларел,\nГӏарац гӏемеразе накаби чӏвалеб,\nАб батила, Хӏамзат, доб ахир заман.\nЭмен, вац, гӏагарлъи сан гьарулареб,\nСурукъабщиналъе нуцӏби рагьараб,\nЩиб жо гьабуниги гӏадлъиго гьечӏеб,\nГьаб батила, Хӏамзат, доб ахир заман.\nХӏамзат, вахъа тӏаде, тӏубачӏин мун хун,\nТӏубан бугин мурад дур кечӏ-бакъалъул,\nДур кочӏолъ ахӏараб чохтӏо-кӏазалъул\nХутӏараб жо гьечӏин, вачӏа бихьизе.\nСабигат ХӏУСЕНОВА, Хунзахъ росу"}
{"slug": "17170-kiigo-million-turist-k-abul-gavize-kiveladaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17170-kiigo-million-turist-k-abul-gavize-kiveladaj", "title": "Кӏиго миллион турист къабул гьавизе кӏвеладай?", "date": "2022-04-21 07:42:05", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана республикаялда туризм цебетӏезабиялъе, аслияб куцалда, муниципалитетаз гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицараб данделъи. Гъоркьиса нилъехъе цо миллион турист вачӏун вукӏун ватани, туроператоразухъги экспертазухъги ругел баяназда рекъон, исана вачӏине вуго кӏиго миллион чи. букӏине кколеб куцалда къабул гьабизе гӏурал ресал республикаялда ратиялда щаклъи загьир гьабуна Сергей Меликовас, интернеталда гӏадамаз гьарулел хъвай-хъвагӏаялги ракӏалде щвезарун. Масала, тӏубанго щвалде щун гьечӏо нухазул, кафеязул, гьалбал къабул гьарулел рукъзабазул, тӏабигӏаталъухъ балагьизе туристал чӏолел майданазул, площадкабазул, сверухълъи бацӏцӏад гьабиялъул ва цогидалъул иш. «Туризмалъул сезон байбихьизе кӏиго анкьгӏан мех хутӏун буго. Амма киналго муниципалитетаз гуро гьелъие лъикӏаб хӏадурлъи гьабулеб бугеб», — ин абуна С. Меликовас. Кӏиго миллион турист республикаялде вачӏине вукӏин цебеккунго кин лъалебали жинда бичӏчӏуларин, амма магӏарухъ гостиницаби гӏураб къадаралда ралел гьечӏолъи бихьулеб бугин бицана «Хӏакъикъаталъе» гид-экскурсовод Яна Мартиросовалъ. «Лъикӏаб отелалъухъ бокьанагӏан гӏарац кьезе хӏадур рукӏуна туристал. Амма магӏарухъ гьединаб бакӏ гьезда бихьизабизе бажаруларо. Щайин абуни жидерго бугеб ресалда рекъон, жидедаго лъикӏилан кковухъе мина-картги хиса-сверизабун, квешги-лъикӏги ралел руго гӏадамаз магӏарухъ гьалбадерил рукъзал. Амма унго-унгоял отелазда релълъараб жо гьечӏо гьезул цонигиязул. Гьедин гьабичӏого батӏияб рес гӏадамазулги гьечӏо – рукӏине кколел шартӏазда рекъон, хас гьабун отель бай нужеца гьалъухъилан, лъицаниги кьолеб гӏарацги гьечӏелъул гьезие. Гьанже кватӏичӏого рии байбихьула, гьеб мехалъ баккула цоги масъала – ралъдал рагӏалда чӏезе рукъзал щунгутӏи. Магӏарухъ цо-кӏиго къо гурони баларо туристаз. Кутакал шартӏал гьечӏониги, мугӏрул гьаваялъ, беричаб тӏабигӏаталъ, умумузул квен-тӏехалъ кӏоченарула гьезда цо-цо гӏунгутӏаби. Ралъдал рагӏалда абуни гӏадамазе гӏемер мехалъ бокьула хӏухьбахъизе. Дагьабниги бегьулеб хӏалалда шартӏал чӏезарураб цохӏо «Джами» абураб пляж буго нилъер, тӏокӏаб гьечӏо», — ян бицана Я. Мартиросовалъ. Отелазулго гӏадал гӏунгутӏаби руго хӏажатханабазулги, нухаздагун туризмалъул объектазда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъулги рахъалъ. Гьел лъугӏизаризе ккелин абураб магӏнаялъул данделъи букӏана муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулезулгун, туризмалъул гӏоркь кодоб бугезулгун Сергей Меликовасги тӏобитӏулеб. Пачалихъалъ дагьа-макъаб гӏарац гуро гьел хӏажалъабазе биччалеб бугеб. Масала, агротуризм цебетӏеялъе биччалеб 10 миллион гъурущги, туристазе шартӏал чӏезариялъегун халкъиял махщелал церетӏезариялъе муниципалиял гӏуцӏабазе биччалеб 138,5 миллион гъурущги малъичӏого, «Развитие туристско-рекреационного комплекса и народных художественных промыслов в Республике Дагестан» абураб пачалихъияб программаялда рекъон, ичӏго батӏияб проект гӏумруялде бахъинабиялъе кьолеб буго 2,5 миллиард гъурущ."}
{"slug": "17171-mukhtar-amirov-zhideda-khadur-chagii-rachiine-rukiinalde-kiudiyab-khul-bugo-dozul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17171-mukhtar-amirov-zhideda-khadur-chagii-rachiine-rukiinalde-kiudiyab-khul-bugo-dozul", "title": "Мухтар Амиров: «Жидеда хадур чагӏи рачӏине рукӏиналде кӏудияб хьул буго дозул»", "date": "2022-04-21 09:19:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан Украинаялдаса тӏад руссарал Дагъистаналдаса журналистазул цояв ккола «Координационный информационно-культурный центр» ГБУялъул нухмалъулев Мухтар Амиров. «Мирмол» сайталъеги (www.mirmol.ru) «Что там у дагестанцев?» абураб телеграм-каналалъеги материалал хӏадуризе гьесда цадахъ гьенире ун рукӏана Исрафил Исрафиловги Мурад Мухӏамадовги. Гьезго гӏадин Украинаялдаса репортажал хӏадурана «Дагъистан» РГВКялъул корреспондент Умай Ибрагьимовалъги, Россиялъул 1 телеканалалъул ва НТВялъул журналистал Хӏусен Хӏусеновасги, Фарид Муслимовасги, Гӏумар Мухӏамадовасги.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялда Мухтар Амировасулгун букӏараб гара-чӏвариялда гьес бицана Донецкиялда, Волновахаялда, Мариуполалда жидедаго бихьараб ракӏгъанцӏизабулеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n— Ракӏгъанцӏизабулеб букӏана гьениб бугеб кьвагьа-гӏанхъиялъгицин гуреб, жалго гӏадамал ккун ругеб ахӏвал-хӏал бихьидал. Масала, жидергойин абулеб ракьалда дозул рагъулалги цогидалги къуватаз гӏадамазе гьабулеб вахӏшилъи – жалго нахъе унел бакӏазда тӏолабго инфраструктураго минатахъ балеб буго. Рухӏун руго токалъул подстанциял, риххизарун руго шагьаразде лъим кьолел бакӏал. Рухулел рукӏун руго гьеб кинабго къачӏазейин лъугьарал гӏадамалги. Мобильнияб бухьенги хӏалтӏуларо гьениб. Цо авалалда, азбаралда кколе-толеб жо – гуманитарияб кумек бикьулеб бугищ-гьечӏищали, масала, цогидалда лъалеб батулароан. Гьединлъидал цониги батӏияв чи вихьани, рекерун рачӏун, цӏехолдизе яги жидеда бихьараб гӏакъубаялъул бицине лъугьунаан гӏадамал. Журналист ватаниги, щив ватаниги батӏалъи букӏинчӏо гьезие, цӏияб хабар босун бачӏунеб бугони.\nГӏадатиял гӏадамаз гӏумру гьабулел бакӏазда кьвагьа-гӏанхъиялъе гӏорхъичӏвалеб гӏадат букӏуна. Доба абуни, нацистаз шагьаралъул къватӏал, гаражал, машинаби къачӏазе рухъарал гвендал хандакъаздеги кьвагьдезе санагӏалъи бугел бакӏаздеги сверизарун рукӏана. Гьениса гӏадамал нахъе рачахъаниги, шагьаралдаса къватӏире риччалел рукӏинчӏо гьез гӏадамал. Гьездаса бергьун, инейин лъугьарал чагӏиги, хиянатчагӏи ругилан чӏвалел рукӏун руго. «Дети», «Красный крест» ва гьезда релълъарал цогидал хъвай-хъвагӏаял гьарурабцин транспортги биччалеб букӏун гьечӏо. Гьанжеги биччаларо. Гӏадамаз шагьар течӏого букӏиналъе машинаби хвезарулел, жагъал гьарулел руго. Квен-тӏехалъул рахъалъги гӏадамазул ургъел гьабичӏого, тукабазда хутӏаралниги нигӏматал жидерго рагъухъабазе росун, лъугӏизарун ругоан.\n— Украинаялъулазеги гӏурусазеги батӏалъи гьечӏогойищ гьединаб бербалагьи гьез бихьизабулеб бугеб?\n— Чӏванкъотӏун абизе кӏоларо кинали. Амма гьел кӏиялго цого гӏадал миллатал ругелъулха. Жидедаго гьоркьоб гӏурус мацӏги бицун, радио, теле-эфираздасан украин-мацӏ бицунел чагӏиги руго. «Москаляку на гиляку» абурал ахӏиял гьарулел чагӏаздехун кинаб бербалагьи гьез гьабулебалиги дида лъаларо.\nЖал ритӏараллъун, россиялъулал тӏекъаллъун рихьизарун, киса-кибго бицунеб буго гьез. Амма гьезул ишал тӏубан батӏиял руго. Масала, Буча шагьаралда гӏакъуба кьун чӏварал гӏадамал абун рихьизаруна къватӏ-къватӏазда регарал. Гьелъул гӏайибги Россиялъул рагъухъабазде рехана. Амма гьел гьениса нахъе ана 30 марталда. 3-4 апрелалда абуни байбихьана жанабазул суратал интернеталда лъезе. Лъикӏго халгьабидал, бихьула гьел чагӏазул гъуждуздаги бохдуздаги рухьарал хъахӏал чалаби (ратӏа рахъизе Россиялъул рагъухъабаз рухьуна гьел – авт.), гьединго нилъеразухъ рукӏунел сухпоёкал. Гьелъул магӏна щиб? Гьединал гьерсал гӏемер руго. Украинаялда хасаб операция лъугӏичӏого лъугӏуларо гьел. Жеги-жеги хъвалеб буго гьез Ростовалде гӏагарлъулел ругиланги. Жидерго рагъухъабазул гъира ссвинчӏого букӏиналъе гьабулеб жоха. Битӏараб бицани, къуватаб пропаганда буго доба. ТГ-каналазда щибниги хъвазе байбихьарабго, киса рачӏаралани лъачӏого раккун рачӏуна Украинаялъул рахъккурал ботал. Исламияб цӏар бугев бокьарав чиясда муртадилан цӏарги лъола гьез. Нужеда гьелъул магӏнаниги лъалебищилан гьикъани, жавабги кьоларо. Гьединлъидал лъаларо хасав чийищ хъвадарулев вукӏунев яги цереккунго хӏадурарал жавабал доре-анире рехулел аккаунталищ гьелали. Къватӏисел улкабазги буго гьезие кумек гьабулеб.\nНацистаздаса эркен гьарурал, гуманитарияб кумек бикьулел пункталги, гӏадамазул тӏалаб гьабулел цогидал централги рагьарал шагьаразда ахӏвал-хӏал дагьабго лъикӏ буго, Мариуполалда дандеккун. Гьел бакӏазда хӏалтӏулел руго Россиялдаса волонтёралги. Сах гьариялъе яги цогидалъе квербакъи хӏажалъарал гӏадамал Ростовалде яги Крымалде раччула гьез. Волонтёразда гьоркьов «Молодая гвардия» гӏуцӏиялдаса кӏиго дагъистаниявги вуго – Гӏумар Багъиновги Мухӏамад Мухӏамадовги.\nМариуполалда кӏудияб дармил централда жаниб гьабун буго гуманитарияб кумек бачӏунеб центр.\nНиж дора ругеб мехалда нацистаздаса тӏубанго эркен гьабун букӏинчӏо гьеб, дандечӏарал бакӏал рукӏана. Рокъор диваналдаги регун, интернеталдасан малъарулел чагӏи гӏемер рукӏана – лъихъниги гӏинтӏамичӏого, тӏасахун бомбаби рехун, иш лъугӏизабизе кколаанила гьезул. Амма доре щведал гурони бичӏчӏуларо гьедин гьабизе бегьунгутӏиялъе гӏилла кинаб букӏарабали. Цӏакъ гӏемерал херал чагӏи руго дора. Лъималги гӏолохъанал бихьиналги рихьизего рихьуларо. Нацистаз гӏолохъаби хӏалица рагъизе тӏамун яги разилъичӏел чӏван ратула. Кутакалда ракӏбакъвала гьеб шагьаралъухъ балагьун. Советияб заманалдани гӏезегӏан цебетӏураб промышленносталъул бакӏ букӏун буго гьеб. Гьанже биххун, тӏатӏала ккун буго. Цӏа бакизе гӏадамаз къотӏун гъутӏбиги, цӏулал будкабиги, скамейкабиги хутӏун гьечӏо гьенир.\nГьединго кутакаб къварилъи буго лъел рахъалъги. Жидерго черхалъе рацӏцӏа-ракъалъи гьабизеяли киб гурин, гьекъезецин лъимги щоларого руго гӏадамал. Цин подвалахъ, цинги гаражазухъ, хадур зодикь хутӏун руго гьел.\nСверухъ лъугьа-бахъунелдехун тӏубан бербалагьи хисун буго гьезул. Масала, цӏогьалдехун. Гьез гьанже абула цӏогь гурин гьеб, жалго хвасарлъизелъун жидецаго жидеего гӏамал гьаби кколилан. Гӏадамал шагьаралдаса къватӏире тӏуричӏого рукӏине нацисталги кьвагьдон жагъаллъараб машинаялъул бурдул лъицаниги жиндирго машинаялда лъуни, гьесда лъицаниги гӏайиб гьабуларо. Жиндирго бурдулги хун ругони, шагьар тун къватӏивеги ине бокьун бугони, щибха гъосги гьабилеб? Тӏадежоялъе, техстанциялги хӏалтӏулел гьечӏелъул гьенир.\n— Эркен гьарурал шагьаразул гӏадамазе бокьун гьечӏебищ Россиялъул рахъалдехун гочине (нагагьлъун кьвагьа-гӏанхъи цӏидасан байбихьани)?\n— Киназего гуро гьениса нахъе ине бокьун бугеб. Бокьаралги руго. Заманаялъ гьеб шагьар рехун тезе бокьарал гӏадамал рачӏунеб централдеги рачӏуна гьел (центр временного пребывания). Гьенибги хал гьабула хадурккун кире гьел ритӏилелали. Хасго бихьиназул. Нацистазда цадахъ вагъулев чи ватизеги рес бугелъул гьезда гьоркьоб.\nПалхӏасил, аслияб куцалда дора хутӏун руго кирениги ине разилъуларел херал гӏадамал. Моцӏалъ азбаралъурегицин рахъине изнуги кьечӏого рукӏарал чагӏи цо-кӏиго къоялда жанир хисилищха.\nЖидеда хадур гӏагарлъиялъул чагӏи рачӏиналде хьул бугел чагӏиги руго гьезда гъорлъ. Гьеб бакӏ рехун тани, жал тӏагӏинилан абураб пикру буго гьезул. Гьединлъидал гьез къадазда, нуцӏбузда седон тун руго хъвай-хъвагӏаял гьарурал гӏисинал тӏанчал. Гьез гьениб хъван бугоан жал мадугьалихъ бугеб минаялъур яги подвалалъур ругилан. Гьединго цоялъ хъван бугоан жиндирго гӏагарав чиясухъе мун жинда хадув вачӏинаревищилан. Журналистазухъеги кьуна гьез жидергоги гӏага-божаразулги телефоналги хъварал кагътал. Гьарана гьезда жал ругеб бакӏ лъазабеян. Гьезул кӏудияб хьул буго гьениса нахъе рачине жидеда хадур чагӏи (гӏагарлъи, гьудулзаби) рачӏинилан.\nГӏезегӏан соназ дора гӏумру гьабун ругел нилъер дагъистаниязги гьабулеб буго цоцазе кӏудияб кумек, миллат, росу-ракь цӏехечӏого. Дагьабниги кумек къваригӏун букӏин лъани, пири гӏадин рортула цоцахъе.\nГьадинго нухда-къватӏир данде ккараб мехалдагицин хӏатталдаса ун рохула нилъерал. Донецкиялдасан унаго нижер машинаялда 05 номерги бихьун, данде векерун вачӏана нилъер цо контрактник жив нужехъ халккун чӏун вукӏанилан. Дир телеграм-каналалдасан лъан бугоан гьесда ниж гьенире рачӏунел рукӏин.\nДие гьениб кутакалда асар гьабуна цо хӏужаялъ. Мариуполалъул больницаялдаса къватӏире рахъун рачӏунел рукӏана ниж. Минатахъ щущараб, бидул цӏураб сверухълъиги цӏоройги – гьелъул милат гьабичӏого гӏадин дунялалде рачӏунел цӏиял лъималги, сах гьарулел гӏадамалги… Больницаялъул рагьтӏа цо чӏужугӏадан данде ккана нижеда гьаказда тӏад лъураб гьитӏинаб чемодан гӏадаб сумкаги гиризабулаго ячӏуней. Нижеда цадахъ вукӏарав Мурад Мухӏамадовас лъим бугищин гьикъана. Жиндаго гӏайиб ккарай гӏадинги лъугьун, жиндихъ гьечӏинха гьеб лъимилан абуна гьелъ. Гьелда ккана нижее гьеб къваригӏун бугилан. Цинги нижеца машинаялъусаги босун кӏудияб баклажка кьуна. Жинца гьаб цогидазеги бащад гьабилилан абуна гьей гӏаданалъ йохуца холаго. Гьеб лъедаса гьелъулги цадахъ йикӏарай ясалъулги букӏараб рохел бихьизе бокьилаан, гьеб баклажкагӏанасеб месед нижеца кьураб кинигин. Цинги журналистазул цояс, къвалги бан, абуна гьелда дагьалъги яхӏ бахъейин, нужее кумек тӏаде щвезе бугилан. Гьеб мехалда гӏодун йиччана гьей гьединаб хинлъи некӏогоялдаса бихьичӏин жиндайилан.\nГара-чӏвари гьабуна\nЗульфия Хӏажиевалъ.\nМ. Амировасул суратал"}
{"slug": "17173-1009-sonalda-kh-varabgi-k-ur-an-tsiunun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17173-1009-sonalda-kh-varabgi-k-ur-an-tsiunun-bugo", "title": "1009 соналда хъварабги Къуръан цӏунун буго", "date": "2022-04-21 09:24:17", "categories": ["history"], "text": "Дагъистаналъул пачалихъияб архивалда ва жалго бетӏергьанал чагӏазухъ цӏунун буго гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал ва басмаханаялда кьабурал тӏахьазул нахърател (фонд). Гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул цӏикӏкӏарасеб бутӏа бакӏарун буго РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул Квералъ хъварал къанагӏатал тӏахьазул фондалда. Гьеб фонд рикӏкӏуна Северияб Кавказалда бищунго бечедаблъун, Россиялда — бищун кӏудиязул цояблъун. Гьенир цӏунун руго гӏарабазул, турказул, персазул ва Дагъистаналъул миллиял мацӏазда церего басмаялда рахъарал тӏахьал ва архивазул документал.\nНижергун ккараб гара-чӏвариялда Бакъбаккул хъвавул памятниказул хӏакъалъулъ бицана Фондалъул квералъ хъварал асаразул отделалъул заведующий Мухӏамад Шехмухӏамадовас.\n— Мухӏамад, гӏаммаб куцалда, кин гӏуцӏараб гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул фонд?\n— Гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул фонд гӏуцӏана 1945 соналда, Миллияб маданияталъул институталъул квералъ хъварал баяназул ва Дагъистаналъул краеведениялъул музеялъул кьучӏалда. Амма цӏикӏкӏараб къадаралда фонд бечед гьабуна XX гӏасруялъул 50-70 соназда щибаб соналъ тӏоритӏарал археографикиял экспедицияз ракӏарарал материалаз. СССРалъул АНалъул Президиумалъул буюрухъалда рекъон, 1963 соналда гӏуцӏана гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул отдел, хадуб гьеб сверизабуна востоковедениялъул отделалде, заманалдасан гьелъие кьуна «Востоковедениялъул центр» абураб статус. Централъул аслиял масъалабилъун рихьизаруна бакъбаккул мацӏазда Дагъистаналъул хъвавул культураялъул памятникал тӏиритӏизари, гьезул суратал рахъи, хъвай-хъвагӏаял гьари ва басмаялда рахъин.\n— Гьеб заманалда жаниб щиб гьабун бажарараб нужехъа?\n— Централъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналда бакӏарараб квералъ хъвараб цебесеб заманалъул ирс тӏибитӏизабиялъе, хӏисабалде босиялъе ва цӏех-рех гьабиялъе. Гьеб ккола Гьоркьохъеб Азиялдаса, Гӏагараб ва Гьоркьохъеб Востокалдаса Дагъистаналде росун рачӏарал тӏахьазул культуриял памятникал, гьединго гӏарабазул, турказул, персазул ва Дагъистаналъул миллиял мацӏазда хъварал бакӏалъул авторазул асарал. Жакъа къоялда Фондалда цӏунун буго батӏи-батӏияб заманалда Бакъбаккул бусурбабазул улкабазда (Сириялда, Египеталда, Ираналда, Турциялда, Гьоркьохъеб Азиялъул областазда, Закавказьеялда), копиял хӏисабалда, квералъ тӏаса хъвараб лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏараб тӏехь, гьединго азаралда щунусгоялдаса цӏикӏкӏун Дагъистаналъул халкъазул ва Стамбулалда, Къагьиралда, Казаналда, Темир-Хан-Шураялда, Порт-Петровскиялда, Тегераналда гӏараб мацӏазда басмаялда бахъараб тӏехь, къватӏисел улкабазул ва Россиялъул библиотекабаздаса данде гьабураб анлъазарго кагъат ва лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун микрофильм, ксерокопия ва фотосурат. Гьоркьохъел гӏасрабазул авторазул гӏемерисел асарал ккола цереккун Дагъистаналда тӏиритӏун рукӏарал асаразда тӏасан хъварал. Гьеб гуребги, автографал гӏадин, Фондалда цӏунун руго XVIII-XX гӏасрабазул Дагъистаналъул гӏалимзабазул асарал.\n— Кинаб кӏвар бугеб Дагъистаналъул хъвавул памятниказул цӏех-рех гьабиялъул?\n— Фондалда данде гьарун ругел хъвавул тӏахьаз ва документаз заманалъул тартибалда жанибе бачуна гӏага-шагарго азарго сон – 1009-абилелдаса 1930-абилелде щвезегӏан. Гьезул буго цохӏого-цо тематикияб батӏалъи: гӏараб мацӏалъул грамматика, лексикография, художествияб гьунар, «Къуръаналъул гӏелмаби», бусурбабазул юриспруденция, тарих, мантӏикъ, этика, астрономия, медицина, гӏараб хӏарпаздалъун дагъистаниязул мацӏазда хъварал асарал. Гьездаса бищунго некӏсиял ккола ХӀV-XV гӏасрабазда хъварал. Фондалда руго Дагъистан областалъул хӏакимзабаз цоцазухъе хъварал, росабазул рахъалдасан хъварал ва гӏадатиял гӏадамаз хъварал кагътал, гьединго дармил актал…\n— Фондалда цӏунун ругел квералъ хъварал асаразул каталогал рахъулищ?\n— Нижеца басмаялде бахъана Дагъистаналъул гӏалимчи М.-С. Сагӏидовасул цӏаралда бугеб хъвавул хӏалтӏабазул фондалъул квералъ хъварал асаразул къокъабго каталог, гьединго перс мацӏалда хъварал тӏахьазул каталог. Рахъизе хӏадурун руго бусурбан низамалъул ва гӏараб мацӏалъул грамматикаялъул кӏиго кӏудияб тематикияб каталог, гьединго Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда ругел хъвавул асаразул каталог. Хӏадурулеб буго аварагасул хӏадисазул, бусурбабазул диниял пикрабазул (догматика) ва Къуръаналъул гӏелмабазул каталог.\n— Бокьилаан Фондалда ругел ва къанагӏатал квералъ хъварал асарал рехсани.\n— Фондалда цӏунун руго Гьоркьохъеб Азиялъул, Гӏагараб ва Гьоркьохъеб Востокалъул улкабаздаса щварал, тарихчагӏаз гуребги, филологаз ва искусствоведаз пайда босизе бегьулел хъвавул баянал. Мисалалъе, гьенир руго цӏакъго къанагӏатал хъвавул асарал: гӏараб-тюрк словарь; Хунзахъа Дибир-къадица гьабураб гӏараб-перс-тюрк словарь; 704 соналда Самаркъандалдаса Мудаффарас ва Ат-Тавдих фи шарх ал-Хавияс цоцазухъе хъварал кагътал ва гь. ц. Фондалда цӏунун буго гьединго батӏи-батӏияб куц-мухъалъул 57 Къуръан, гьезда гьоркьоса бищунго некӏсияблъун рикӏкӏуна куфи хатӏалъ Мухӏаммад ибн Хӏусан 11 Раби ас-Саница 400-абилел соназда хъвараб, гьеб данде ккола, нилъер къагӏидаялда абуни, 1009 соналде.\n— Россиялъул ва къватӏисел улкабазул Бакъбаккул улкаби лъазариялъул гӏелмиял центразулгун Институталъул бухьенал ругищ?\n— Институталъ гьоркьор къотӏизе толаро Россиялъул бакъбаккул улкаби лъазариялъул гӏелмиял центразулгун (Москва, Санкт-Петербург, Казань) ва къватӏисел улкабазулгун (Тель-Авивалъул, Бохумалъул, Принстоналъул университетазулгун) ругел гьоркьорлъаби ва бухьенал.\nДунялалъул политикаялда ва экономикаялда гӏарабазул улкабазул кӏвар цӏикӏкӏунеб букӏиналда бан, ахираб заманалда кӏвар кьолеб буго бакъбаккул улкаби лъазариялъул гӏелмуялъул тематикаялде ва культурияб ирсалде. Гьелъул баракаталъ 2007 соналъул декабралда Институталъул дирекциялъ нижер цо хӏалтӏухъан витӏана Санкт-Петербургалъул гӏарабазул хъвавул асаразул институталда моцӏрол стажировкаялде. 2008 соналъул февралалда институталъул Гӏелмияб советалъ хӏукму гьабуна цӏияб, ай бакъбаккул хъвавул асаразул отдел рагьизе.\n— Кинаб хӏал бугеб Дагъистаналъул тӏахьазул культуриял памятникал цӏуниялъул ва гьезул бициналъул хӏалтӏул?\n— РГНФалъул (Россиялъул гуманитариял гӏелмабазул фонд) ва ИНТАСалъул (СССРалда гьоркьоса арал улкабазул гӏалимзабазе квербакъи гьабулеб гӏуцӏи) грантазул кумекалдалъун Институталъул гӏалимзабазе рес щвана Дагъистаналъул халкъазул тӏахьазул культуриял памятникал цо бакӏалде ракӏаризе ва, гьезул хӏакъалъулъ хъваялъулги бициналъулги мурадалда, археографикиял экспедициязда санайил гӏахьаллъизе. Республикаялъул гӏемерисел районазда гьез тӏатинаруна жалго бетӏергьанал чагӏазул ва мажгитазул гӏемерал китабханаби. Цереккунисел баяназда рекъон, жакъа Дагъистаналда буго щунусгоялдаса цӏикӏкӏун гьединаб китабхана. Планалде босун буго гьенир ругел тӏахьазул каталог гӏуцӏизе.\n— Бакъбаккул хъвавул асаразул гьаб заманалъул электроннияб къагӏида гӏуцӏулеб бугищ?\n— Гӏагараб заманалда ракӏалда буго Фондалъул киналго хъвавул асарал цӏуниялъе гьезул микрофильмал рахъизе ва цифровиял копиял гьаризе. Гьединаб хӏалтӏи гьабула гӏемерал квералъ хъварал жал ругел киналго бакӏазда. Нилъер республикаялда гьечӏо гьелъие махщелчагӏи хӏадурулел централ, гьечӏо басралъарал тӏахьал цӏи гьариялъул ва ругеб куцалда гьел чӏезариялъул рахъалъ хӏалбихьи. Аслияб жо – кӏудияб квалквал буго гьеб масъала тӏубазабиялъе къваригӏунеб материалиябгун техникияб база гьечӏолъиялъул.\nНури Нуриев"}
{"slug": "17175-samoljotalgi-rulal-ul-gidrousilitelalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17175-samoljotalgi-rulal-ul-gidrousilitelalgi", "title": "Самолёталги рулалъул гидроусилителалги", "date": "2022-04-21 09:27:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ КамАЗазе рулазул гидроусилителал хӏадуризе руго. Исана къватӏибе биччазе буго гьединаб 500 алат.\n2023 соналда гьеб къадар азаргоялде бахинабизеги ракӏалда бугин бицана гьал къоязда «Рен-ТВ» ва «Известия» телеканалалъул журналистазе заводалъул генералияв директор Ибрагьим Ахӏматӏовас:\n— Ахираб заманалда нижеца тӏадчӏун хӏадур гьарулел руго вертолётазе, автомобилазе хӏажатаб къайи-цӏа. Мисалалъе, гьел ккола вертолёталъул двигателал. Гьеб гуребги, ахираб кӏиго-лъабго соналда жаниб «АвтоВазалъе» хӏажатаб къайиги буго нижеца къватӏибе биччалеб. Нижер лъикӏаб гьоркьоблъи буго «КамАЗ» автоконцерналъулгун. Гьаб заманалъул бищун церетӏурал Кӏ, К2, К3 моделазул автомобилазе гидроусилителалги хӏадурулел руго нижеца.\nХӏакъикъаталдаги азарго батӏияб тӏагӏел-алат гьабулеб завод буго КЭМЗ. Гъоркьиса нижги щун рукӏана гьенире. Кӏиго сагӏаталда жаниб заводалда гьабураб экскурсиялъ кӏудияб асар гьабунги букӏана.\nАхираб заманалда КЭМЗалъулал тӏаделъун руго гражданияб авиациялъул транспорт хӏадур гьабиялде. Тӏадагьаб моторалъул «АИ 21» маркаялъул гьитӏиналго самолетал руго гьез къватӏире риччалел.\nГьелъул хӏакъалъулъги гьадин бицана журналистазе И. Ахӏматӏовас.\n— Цогидал самолётазул гьечӏеб композитнияб материалалъул буго гьелъул кузов. Гьеб гуребги, гьаваялде бахъине ва рещтӏине 150 метралъул самолетал роржунел ва рещтӏунел мухъал (взлетно-посадочная полоса) гӏола гьелъие. Тӏадежоялъе, гьелъие бегьула хъил тӏечӏеб нух бугониги, — ян.\nГъизляралъул заводалда жакъа гьединаб самолёталъул багьа 25 миллион гъурущ буго. Мисалалъе, цогидал пачалихъаздаса босизе ккани, 50 млн гъурщиде бахунаан."}
{"slug": "17176-l-imal-giemeral-kh-izamaze-avtobusal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17176-l-imal-giemeral-kh-izamaze-avtobusal", "title": "Лъимал гӏемерал хъизамазе — автобусал", "date": "2022-04-21 09:28:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас лъазабуна лъимал гӏемераб хъизамазе микроавтобусал кьезе ругин. Гьеб щвезе буго 10 ва жеги цӏикӏкӏун лъимер бугезе. Амма гьединал хъизамал республикаялда цӏакъ къанагӏат гурони гьечӏо. Советияб заманалда гӏадин, 10 лъимер бугеб мина-рукъ гьанже килщазда рикӏкӏине бегьулеб батула."}
{"slug": "17177-tokal-ul-kvarazul-khiink-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17177-tokal-ul-kvarazul-khiink-i", "title": "Токалъул кваразул хӏинкъи", "date": "2022-04-21 09:29:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Цӏунтӏа районалъул Хӏибялъ росдал гӏадамаз абулеб буго токалъул мухъал гӏодосан цӏан рукӏиналъ гӏадамазул гӏумруялъе хӏинкъи бугеб хӏал бугила росулъ. Дагьал церегӏан къоязда цо гӏолохъанчиги чӏвана гьенив токги кьабун.\nРосдал депутат Мухӏамадрамазан Гӏабдулкаримовас, республикаялъул ва районалъул нухмалъиялъул цӏаразда ахӏи бан, кагътал ритӏун руго гьеб гӏунгутӏи лъугӏизабизе кумек гьабеян абун.\n20 апрелалда Хӏибялъ росулъе рачӏун рукӏана Цӏунтӏа районалъул токалъул хъулухъалъул хӏалтӏухъаби. Хӏинкъи бугеб ахӏвал-хӏал тӏагӏинабизе кӏвараб хӏалтӏи гьабизе буго гьез.\nГьоркьоб заман бахъун цӏа ккеялъул хӏужаби камураб мех гьечӏо ахирал соназда Цӏунтӏа районалда. Гьебго Хӏибялъ, Мокъокъ, Цебари ва цогидал росабалъ анцӏ-анцӏ минаби рухӏун, гӏемераб къварилъи ккана гӏадамазе."}
{"slug": "17178-80-sonaldasan-batarab-alat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17178-80-sonaldasan-batarab-alat", "title": "80 соналдасан батараб алат", "date": "2022-04-21 09:33:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хасавюрт районалъул Пятилетка росулъ батун буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда бортараб рагъулаб самолеталъул хутӏел. 80 соналъ цебе фашисталгун вагъулаго, самолёталъе гъая ккедал, гьелъул летчик парашюталъ кӏанцӏун вуго. Гьесул къисмат кинаб ккарабали лъалеб гьечӏо, гьанже тӏаде ккун руго гӏурулъе бортараб самолёталъул хутӏелалде. Экспертазул рагӏабазда рекъон, тарихалъе цӏакъ къанагӏатаб тӏагӏел ккола гьеб. Гьединлъидал кӏудияб къимат буго гьелъул тарихчагӏазегун археологазе."}
{"slug": "17179-kaspijskiyal-e-khiurmatiyab-tsiar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17179-kaspijskiyal-e-khiurmatiyab-tsiar", "title": "Каспийскиялъе — хӏурматияб цӏар", "date": "2022-04-21 09:34:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул хӏукуматалъ рахъккуна Каспийскиялъе «Город трудовой доблести» абураб цӏар кьезе шагьаралъул нухмалъиялъ загьир гьабураб пикруялъул.\nХӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас гьеб пикру дандбана Сергей Меликовасулгун. Цӏакъ лъикӏаб пикру бугилан, гьесги рагӏи кьуна гьеб суал улкаялъул президент Владимир Путинилгун дандбазе.\nБитӏараб бицани, гьединаб цӏар щвезе мустахӏикъаб шагьар буго Каспийск. «Дагдизель» завод гучалда букӏарал 1970-1980-абилел соназда 40 000 чи хӏалтӏулаан гьенив.\nТӏубараб шагьарго гьениб жаниб хӏебтӏун букӏанин абуни, мекъи ккеларо. Гьединаб захӏматалде ругьунаб халкъги бугеб бахӏарчияб шагьар ккола Каспийск. Биччанте гьелъие хӏурматияб цӏарги щвезе.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "17180-l-ie-kigian-shchvarab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17180-l-ie-kigian-shchvarab", "title": "Лъие кигӏан щвараб?", "date": "2022-04-21 09:35:54", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул нухмалъулесул официалияб сайталъ загьир гьаруна пачалихъиял хъулухъазда ругел республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул Администрациялъул (АГиП) вакилзабазе 2021 соналда щвараб хайиралъул хӏакъалъулъ баянал.\nХӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасе щвараб хайир бащалъулеб буго 12144657,39 гъурщида. Гьесул бетӏергьанлъиялда буго кӏиго машинаги (ГАЗ-31029, ГАЗ-3102), ракьул цо участокги, минаги, дачаги. Гьес пайда босулеб буго 84 кв. м. кӏодолъиялда бугеб цо квартираялдасаги. Гьединго премьерасул лъадуе щвараб хайир кколеб буго 248 468,32 гъурущ. Гьелда тӏад хъван буго дачаги цо квартираги.\nДРялъул пачалихъияв секретарь Мухӏамадсултӏан Мухӏамадовасе щун буго 1723239,85 гъурущ. Гьес пайда босулеб буго цо минаялдаса. Мухӏамадовасул лъадуда тӏад буго лъабго участокги, лъабго квартираги, цо минаги. Лъагӏалида жаниб гьелъие щун буго 205915,47 гъурущ. Цониги машинаги гьечӏо гьезул.\nАГиПалъул нухмалъулев Алексей Хӏасановасе щвараб хайир бащалъулеб буго 20282416,47 гъурщида. Гьесул бетӏергьанлъиялда буго: маломерное судно МАСТЕР ПРО 470, прицеп МЗСА 81771Е; цо квартира, пайда босулеб буго цо минаялдаса. Лъадуда тӏад буго цо минаги, цо участокги, Toyota Lexus RX270 машинаги. Лъагӏалида жаниб гьелъие щун буго 429324,89 гъурщил хайир. Гьединго гьелъги пайда босулеб буго цо минаялдаса.\nПремьер-министрасул тӏоцевесев заместитель Руслан Гӏалиевасе щун буго 5554 698,68 гъурущ. Амма жинца пайда босулеб кӏиго квартира гурони, тӏокӏаб мал-мулк гьесда хадуб гьечӏо.\nХӏукуматалъул председателасул цогидав заместитель, ракьулгун буголъиялъул суалазул рахъалъ министр Заур Эминовасда хадубги бихьизабун гьечӏо кинабгӏаги буголъи, гӏицӏго жинца пайда босулеб цо квартира гурони. Лъагӏалица хӏалтӏун гьесие щун буго 1432692,0 гъурщил хайир. Министрасул лъадул бетӏергьанлъиялда буго цо квартира.\nКонтролиябгун финансазул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Управлениялъул начальник Т. Шабановасе щун буго 2692766,23 гъурущ. Гьесул бетӏергьанлъиялда буго гӏицӏго ракьул цо участок, лъадуда тӏад – цо квартира. Машина гьечӏо.\nПалхӏасил, гьениб буго 24 чиясул цӏар. Амма цо-цояз рихьизарурал баяназухъ балагьун, щаклъизе бачӏуна. Масала, гьелда тӏасан «Хӏакъикъаталъе» гьадин бицана «Новое дело» газеталъул бетӏерав редактор Хӏажимурад Сагитовас:\n«Дир хӏисабалда, цо-цо хӏакимзабаз гьениб бихьизабулеб буго унго-унголъунги жидее щвараб хайиралъул цо пуланаб бутӏа. Гьелдалъун гьез хӏаракат бахъулеб буго бизнесги мал-мулкги налогаздаса бахчизе. Амма гьедин букӏанигицин, абизе бегьула — гьеб декларация ккола пачалихъиял хъулухъчагӏазул ишазда сверухъ ахӏвал-хӏал роцӏинабиялде хӏакимзабаз тӏамулеб гали. Хадубккун жеги камиллъизабизе ккола гьеб хӏалтӏи».\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "17181-mas-alabi-dolgo-prokuroral-tsiiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17181-mas-alabi-dolgo-prokuroral-tsiiyal", "title": "Масъалаби-долго, прокурорал-цӏиял", "date": "2022-04-21 09:40:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъоркьиса 20 сентябралда Махӏачхъалаялъулги Дербенталъулги тӏабигӏат цӏуниялъул прокуратураби цолъизаруна Волга гӏурул рагӏаллъабаздаса гӏебеде ругел субъектазул гьединалго прокуратурабигун.\nМахӏачхъалаялда гьеб идараялъул нухмалъулевлъун тӏамуна юстициялъул гӏакълучи Максим Макашов, Дербенталда — Михаил Лихачев.\nГьеб кӏиябго шагьаралда гуребги, тӏабигӏат цӏуниялда хурхун республикаялда дандчӏвалел тӏолалго масъалабаздеги кӏвар кьола гьел прокуратурабаз.\nСентябралдаса байбихьун гьез гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда.\nРеспубликаялда бищун аслиял суалазул цояблъун кьищни бакӏариги хадубккун гьеб бацӏцӏад гьабиги бихьулеб буго прокуроразда. Бакӏалъул нухмалъигун цадахъ хасаб программа хӏадурулеб бугин бицана Макашовас (масала, бакӏ-бакӏазда контейнерал лъезе, кьищни жанибе балел полигоналги гьеб бацӏцӏад гьабулел бакӏалги разе).\nХасго магӏарухъ гьеб суал тӏасамасаго теялъ, цӏадал ран хадуб ахирги гӏорахъе буссунеб буго бакӏ-бакӏалда щущараб кьищни. Амма нилъехъе рачӏунел туристал къойидаса къойиде гӏемерлъулел ругебгӏан мехалъ гьеб ахӏвал-хӏал кигӏан кӏваниги хехго роцӏинабизе ккола. Гьелда бан муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулезеги цогидазеги лъазабиял гьариялда цадахъ, кватӏичӏого тӏобитӏизесеб субботникалде рахъинеги ракӏалда бугоан прокуроразда. 23 апрелалда гьеб гьабизе буго Унсоколо районалда, Кӏалбиччанкъоялдаса хадуб, 16 район гӏахьаллъараб гьединабго тадбир тӏобитӏизе буго Гӏандигӏорги Аваргӏорги рацӏцӏад гьаризе.\nЛъеда тӏаса кьищни-къул бакӏарулеб хасаб техникаги босизе буго исана.\nГьединго Махӏачхъалаялда, Дербенталда гьечӏо хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциялги. Гьединлъидал, щибго нахъекъай гьабичӏого, Каспий ралъдалъе риччалел руго гьел. Ралъад чороклъун букӏиналда бан анцӏ-анцӏ соназ цебего бахъараб ахӏи жеги гӏодобцун гьечӏо. Михаил Лихачевас бицана исана лъагӏалил ахиралдехун Дербенталда бан лъугӏизе бугила хутӏелал рацӏцӏад гьарулеб бакӏ. Гьелъ дагьалъниги дагьлъилила ралъдалъе биччалеб чороклъи. Хадубккун гьединаб анцӏго бакӏ базе рагӏула Избербашалда, Дагъогниялда, Дербенталда. Республикаялъулгун федералияб бюджетаздаса гӏарацги биччан, Махӏачхъалаялдасаги Каспийскиялдасаги чвахулел хутӏелал рацӏцӏад гьаризе коллекторги буго балеб.\nЖиндир заманалда гӏадамазе жаваб кьечӏел хӏакимзабазе тамихӏги гьабун буго тӏабигӏат цӏуниялъул прокурораз.\nХадуб гьез рехсана росабалъе, шагьаразде лъим бачиналъул суалги. Тӏадеялдаса тӏаде гӏемерлъулел руго гӏадамал, амма рогӏралги цогидаб системаги чанго анцӏ-анцӏ соназ бачараб куцалдаго хутӏулеб буго.\nРохьаздаса пайда босиялъулъги тӏатунел руго гӏунгутӏаби. Хасавюрт районалъул Бамматбекюрт росулъа чорокаб лъим рохьобехун чвахизе тун буго.\nГьебго Хасавюрт районалда къотӏун буго 22 миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурщил багьаяб 334 гъветӏ. Гьелда хадуб халкквезе тарав рохьил агентствоялъул хӏалтӏухъанасги щибго гьабун гьечӏо гьебщинаб зарал гьабурав чиясе. Гьанже гьелда хурхун цӏех-рех гьабулеб буго.\nГьединго цо журналисткаялъ прокуроразе бицана 2008 соналда Рохьил магӏишаталъул агентствоялъ ижараялъе кьураб Таргъу мегӏералъул гъулдул батӏияб мурадалъе гӏоло хӏалтӏизарулел рукӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьединал суалал, тӏоцебесеб иргаялда, жибго муниципалитеталда тӏаде кколин, амма гьез кӏвар кьолеб гьечӏони гурони, жидеца хал гьабуларин жаваб кьуна Макашовас. Хадубго гьесул заместителас тӏаде жубана дагьалъ цебегӏан жидер хӏалтӏухъабаз гьанжегӏагар хал гьабунила Рохьил магӏишаталъул агентствоялъ гьелги цогидалги ракьал гӏадамазухъе кьезе мекъи гьарурал къотӏи-къаязул. Гьеб суал жеги мухӏканлъизабилин рагӏи кьуна М. Макашовас.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "17182-kh-veze-guroni-gii-giezabize-bokaral-giolokh-abi-shcholel-gechio-emiratazde-bitiuleb-gan-nil-ergo-ganir-giolarel-giukhbi-va-geb-gureb-tsogidabgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17182-kh-veze-guroni-gii-giezabize-bokaral-giolokh-abi-shcholel-gechio-emiratazde-bitiuleb-gan-nil-ergo-ganir-giolarel-giukhbi-va-geb-gureb-tsogidabgi", "title": "«Хъвезе гурони, гӏи гӏезабизе бокьарал гӏолохъаби щолел гьечӏо» Эмиратазде битӏулеб гьан, нилъерго гьанир гӏоларел гӏухьби ва гьеб гуреб цогидабги", "date": "2022-04-21 09:44:28", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "РФялъул экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ министрасул заместитель Сергей Назаровасул рагӏабазда рекъон, гьанадалъун халкъ хьезабун бажарулеб лъабго регион буго СКФОялда. Гьел ккола Ставрополь край, Карачаево-Черкесия, Кабардино-Балкария.\nСергей Назаровас бицаралда божани, гӏадамазе гӏурабгӏан къадаралда гьан чӏезабун нилъер республикаялъухъа бажарулеб гьечӏо. Амма, гьесго бицухъе, рахьдал рахъалъ нилъ цебесеб кьерда рагӏула. Мисалалъе, Северияб Кавказалъул федералияб округалъул регионазда гьоркьоб рахьдал лъабго бутӏа гьабун цо бутӏа нилъер республикаялда бечӏчӏун буго гӏачияздаса – 935 азарго тонна.\n«15 вехь къваригӏун вуго дие»\nРосдал магӏишат бечед гьабизе цӏиял шартӏал гӏуцӏулел, ресал ралагьулел ругин ва гӏемераб гӏарац биччазе бугин санайил бицуна. Амма гьоркьоб заман бахъиндал ва добго хабар бицине байбихьидал, суал бачӏуна — кирха ругел гьел ресал, щайха цебетӏолеб гьечӏеб республикаялда хурухъанлъи, гӏияхъанлъи, ахихъанлъи? Экономика цебетӏеялъул рахъалъ министрасул заместителас кьураб баяналда бицунеб къагӏидаялъ бугищ иш хӏакъикъаталдаги?\nГьел суалал кьуна дица республикаялъул фермеразулгун хурухъабазул Ассоциациялъул (АФКОД) нухмалъулев Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе. Хурухъанлъиялъул иш лъаларо, гӏи-боцӏул гӏелму гьекъон унеб лъимгӏанги лъикӏ лъалев магӏишатчи вуго гьев. Инсул росулъ Чӏикӏаб жиндирго фермеразул магӏишатги буго гьесул. Гьел суалал кьуна дица республикаялъул фермеразулгун хурухъабазул Ассоциациялъул (АФКОД) нухмалъулев Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе. Хурухъанлъиялъул иш лъаларо, гӏи-боцӏул гӏелму гьекъон унеб лъимгӏанги лъикӏ лъалев магӏишатчи вуго гьев. Инсул росулъ Чӏикӏаб жиндирго фермеразул магӏишатги буго гьесул.\n— Рахьдал бачӏиналъул рахъалъ цебесеб кьерда Дагъистан батани, цогидал республикабазда дагьабги нахъе ккараб хӏалалъ батила иш. Дидаги бихьана Назаровас гьабураб лъазаби. Телеграмалда бугеб нижерго къокъаялдеги рехун букӏана гьеб. Амма гьебгощинаб рахь нилъер гӏачияздаса бечӏчӏун батани, кибха гьеб бугеб? Тукабазул полкаби цӏун, къватӏиса бачӏараб, Кубаналъулги, Адыгеялъулги, Белоруссиялъулги фермеразул рахь щиб гьабулебха бугеб цинги? Кибе араб, эдин батани, гьединаб бергьенлъиялда бечӏчӏун нахъе тӏураб аза-азар къали рахьдал? Дун гьелда божуларо.\nКӏиабилеб, гӏиял гьанал хӏакъалъулъ абизе бокьун буго гьадин. Гьабсагӏаталда бугеб хӏаракаталда рекъон гурони гӏи гӏезабулебги, боцӏухъанлъи цебетӏолебги гьечӏони, Сергей Назаровас абураб бакӏалде бачӏинеги буго нилъер иш кватӏичӏого.\nБокьобги тун хъвезе хьихьулев гурони, гӏалахалдеги вахъун, азаазар гӏиял рехъенги цебе къотӏун, вехьлъи гьабизе бокьарав чи жакъа ватулев гьечӏо. Ватулев гьечӏо гьединав цониги гӏолохъанчи, кан бакун валагьаниги! Доб умумузул бицен-кицадулъ абулеб гӏадин, «цӏадалабги гьекъон, бакъулабги хӏехьон» мугӏрулгун щобазда сардалги къоялги тӏамизе таваккал бугев гӏолохъанчи жакъа гьечӏо. Гьезие бокьун буго цӏикӏкӏун гӏарац щолеб хӏалтӏи. Бокьоб, цебе рагӏи-херги бан, радал-къаси кӏалцӏиги кьун хъвезе бугъа хьихьулев вукӏин гурони, гӏоркӏкӏен, чахъу-тӏинчӏ, боцӏи гӏезабулев вукӏине кколин абураб пикру гьабулеб гьечӏо лъицаниги.\n— Щай дуца гьедин абулеб? Мисалалъе, дир росулъ (Гьонода) вуго гьабсагӏат гьединав лъабго-ункъониги гӏолохъанчи гӏи-боцӏиги хьихьун…\n— Ратани, цӏакъ лъикӏ ккун рагӏулин, дихъеги щай гьел ритӏуларел. 15 вехь къваригӏун вуго жакъа цохӏо дие. Нижер Чӏикӏаб росулъ дир лъимерлъиялъул заманалда 500 вехь вукӏана. 500! Жакъа щуго гурони гьечӏо.\nДица абулеб гьечӏищ, дие чара гьечӏого къваригӏун вуго гӏи хьихьизе 15 чи. Гьединал гӏолохъаби щвани, регизе хинаб рукъги, кваназе тӏагӏамаб квенги, тӏад ретӏине сахаб ретӏелги кьела дица гьезие. Рохун гурони, пашманлъулареб мухьги кьела.\n«Люкс» классалъул гьан, Гӏарабиялда бежараб шашлык ва экспорталъул «цо процент»\nАмма нилъерго гӏадамазе гьарзаго гӏолареб гьан Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде битӏизе батулеб буго республикаялда. Гьезда цӏакъ цӏакъ берцин бихьун буго Дагъистаналдаса гӏиял гьан. Хӏатта, тукабаздегун базаразде бичизе гуреб, нилъер гьаниса бачӏинахъего кафе-рестораназде щолеб хӏалалъ битӏе гьебилан абун рагӏула гӏарабаз. Амма нилъерго гӏадамазе гьарзаго гӏолареб гьан Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде битӏизе батулеб буго республикаялда. Гьезда цӏакъ цӏакъ берцин бихьун буго Дагъистаналдаса гӏиял гьан. Хӏатта, тукабаздегун базаразде бичизе гуреб, нилъер гьаниса бачӏинахъего кафе-рестораназде щолеб хӏалалъ битӏе гьебилан абун рагӏула гӏарабаз.\nГьединаб лъазаби гьабуна гьал къоязда Руслан Гӏабаскулиевас. Гьев ккола нилъер республикаялъул экспорталъе кверчӏвай гьабулеб Централъул нухмалъулев.\nЦебе Австралиялдаса бачӏунеб букӏун буго Эмиратазде гьан. Амма морозильникалъубги лъун цӏеркъараб гьеб гьедигӏанго рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо гӏарабазе, гьелде тӏадеги нилъер гӏадаб тӏагӏамабги букӏун гьечӏин гьебилан бицана Руслан Гӏабаскулиевас. Татуяб букӏиналъ, Дагъистаналдаса бачӏунеб гьан лъабго долларалъ хираго босизеги разилъун буго ОАЭ. Гьедин цо кило микьго долларалде босулеб буго. Цебе Австралиялдаса бачӏунеб букӏун буго Эмиратазде гьан. Амма морозильникалъубги лъун цӏеркъараб гьеб гьедигӏанго рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо гӏарабазе, гьелде тӏадеги нилъер гӏадаб тӏагӏамабги букӏун гьечӏин гьебилан бицана Руслан Гӏабаскулиевас. Татуяб букӏиналъ, Дагъистаналдаса бачӏунеб гьан лъабго долларалъ хираго босизеги разилъун буго ОАЭ. Гьедин цо кило микьго долларалде босулеб буго.\n— Нилъер республикаялдаса гӏиял гьан гӏарабазул цогидал пачалихъаздеги битӏулелдаса чанго сон буго, — ян бицана Р. Гӏабаскулиевас. Мисалалъе, Ливан, Сагӏудиязул Гӏарабия гӏадал улкабазде гӏемер унаан гьеб. Гьезул гьениб хӏалбихьун батилаха Эмираталъул чагӏазги гьелъул. Бечедалгӏан чагӏи гурони рачӏунарел чӏухӏарал кафе-рестораназде, гьоболрукъзабахъе (отелал, гостиницаби — авт.) унеб буго нилъер гьаниса гӏиял гьан. «Люкс» классалъул даражаялда рагӏула гьеб Эмиратазда. Гьезул гьениб аслияб къагӏидаялъ варанидул гьан гурони кунеб букӏинчӏелъул, гӏиял гьанал гьабураб шашлык, стейк ва цогидабги тӏагӏам цӏакъ берцин бихьун буго гӏарабазда.\n— Гьеб кинабго лъикӏ буго, амма гьедин къватӏибе гьан баччизе байбихьидал, нилъер гьанир ричарухъабаз багьа бахинабилародай гьелъул?\n— Дида ккола гьабиларин. Щайилан абуни, Эмиратаздеги цогидал пачалихъаздеги республикаялдаса унеб гьанал экспорталъул къадар цохӏо процент гурони гьечӏо. Нилъерго гьаниб жанисеб базаралда бича-хисулеб гьанал къадаралда рекъон борцани, гьеб цӏакъ гьитӏинаб тарих ккола.\nГъоркьиса 800 азаргогӏан долларалде гьан бичун буго нилъер гьаниса Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде. Исана дагьабги цӏикӏкӏун бичун инин абураб хьулги буго.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "17183-bishchun-l-ikiav-uchitel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17183-bishchun-l-ikiav-uchitel", "title": "Бищун лъикӏав учитель", "date": "2022-04-21 09:52:28", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналъул бищун лъикӏал педагогазе кьуна шапакъатал. Гьеб тадбир тӏобитӏана Гӏурус театралда. Гьенире ахӏун рукӏана «Лъагӏалил учитель – 2022» абураб тӏолгороссиялъул конкурсалъул республикаялъулаб бутӏаялда бергьарал ва призераллъун рахъарал учительзаби.\nИсана конкурсалда гӏахьаллъана 545 учитель. Регионалияб бутӏаялда бергьенлъи щвана 55 чиясе. Гьезда гьоркьоса республикаялъулаб бутӏаялда тӏаса вищана щуго финалистги номинациязда чӏел босарал учительзабиги.\nДагъистаналъул бищун лъикӏай учительлъун яхъана Каспийскиялъул №14 гӏемеррахъазулаб лицеялъул гӏурус мацӏалъул учительница Олеся Петрова; призераллъун – Фатима Мухӏамадова (химик-биолог, Гъаякент район), Асият Кабукаева (ИЗО, Махӏачхъала), Рашия Гӏусманова (ингилис мацӏ, Буйнакск) ва Шугӏайнат Хаштӏихова (ингилис мацӏ, Махӏачхъала).\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул\nминистерствоялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "17184-gielmuyal-ul-tiogire", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17184-gielmuyal-ul-tiogire", "title": "Гӏелмуялъул тӏогьире", "date": "2022-04-21 09:54:02", "categories": ["obrazovanie"], "text": "18 апрелалда Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тӏобитӏана студентазул гӏелмияб дандеруссин. Гьеб нухда бачана ункъабилеб курсалъул студент Шагӏбан Мухӏамадовас.\nКӏалъазе вахъарав ДГИялъул ректор, техникиял гӏелмабазул кандидат Нухӏкъади Бахӏмудкъадиевас бицана жакъа дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва хӏалуцараб заманалда гӏелмуялъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.\nДагъистаналъул гуманитарияб институталда гьарулел гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасил гьабуна институталъул проректор, тарихиял гӏелмабазул доктор, гӏелмуялъулгун инновациязул рахъалъ проректор Хӏайбула Мухӏамадсалихӏовас. Масъалабазда гьоркьоб гьес рехсана студентазул ва преподавателазул проекталъулаб хӏаракаталде гъирабазабиялъе рес щолеб гьечӏолъи.\nГьанжесеб жамгӏияталда гӏалимзабазул хӏаракаталде кӏвар кьолеб гьечӏолъиялде пикру буссинабуна экономикиял гӏелмабазул кандидат, Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Советалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.\nСтудентазде хитӏаб гьабулаго, ДГУялъул философиялъул кафедраялъул заведующий, профессор Мустӏапа Билаловас абуна гӏелмиял докладазда гьоркьоб философиялъул масъалабазул хӏакъалъулъ бицунеб доклад къанагӏат гурони батуларин абун. Рехсана гьес гӏелмияб цӏех-рехалъе мустахӏикъал темабиги. ДГИялъе тӏахьалги сайгъат гьаруна.\nДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъул вакил Расул Хӏажиевас ракӏалде щвезаруна 1990-абилел сонал. «Доб заманалда нилъер гӏолилал унаан къватӏисел улкабазул диниял цӏалул идарабазда цӏализе. Батӏи-батӏиял пачалихъазул вузаздаса гьез нилъехъе бачӏана батӏи-батӏияб динияб пикруги. Гьелъул кьучӏалда бикь-бикьана жамгӏият ва ккана хӏалуцарал лъугьа-бахъинал. Жакъа республикаялда буго анлъго исламияб вузги 16 мадрасаги. Гьезул буго Рособрнадзоралъ ва Лъай кьеялъул министерствоялъ кьурал лицензияби. Нилъер вуго исламиял гӏелмабазул 12 доктор. Гьединаб хӏаракаталъул хӏасил буго жакъасеб парахалъи», — ян бицана гьес.\nДандеруссиналъул гӏахьалчагӏазе икъбал гьарун кӏалъана Башларовасул цӏаралда бугеб медицинаялъул колледжалъул директор Хӏусен Мамаевги Дагъистаналъул гуманитарияб колледжалъул директор Алаудин Наримановги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "17185-eksportal-e-k-varil-i-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17185-eksportal-e-k-varil-i-gechio", "title": "Экспорталъе къварилъи гьечӏо", "date": "2022-04-21 09:59:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналъул экспорталъе квербакъиялъул централъул нухмалъулев Руслан Гӏабаскулиевас журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда бицана республикаялъул къайи къватӏисел пачалихъазе бичиялъул хӏасилалда ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ.\n«2020 соналда республикаялъ къватӏисел улкабазе бичун букӏана 54 миллион долларалде къайи. 2021 соналда — 68 миллион долларалде. Гьелдаго гьоркьоб ичӏго миллион долларалде къайи бичулаан Украинаялде. Аслияб къагӏидаялъ цӏорол тахтаби. Исана январь моцӏалда къватӏибе бичана 2,7 миллион долларалъ цӏикӏкӏун къайи», — ян бицана Р. Гӏабаскулиевас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гьабсагӏаталда аслияблъун кколеб буго экспорталъул къайиялъул къадар гъоркьиса бичаралдаса гӏодобе ккезе тунгутӏи."}
{"slug": "17187-rakhdal-matsi-millatal-ul-kuchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17187-rakhdal-matsi-millatal-ul-kuchi", "title": "Рахьдал мацӏ — миллаталъул кьучӏ", "date": "2022-04-21 10:02:18", "categories": ["kkara-tar"], "text": "19 апрелалда Махӏачхъалаялъул ЦБСалъул Лъималазулгун гӏолилазул моделалъулаб библиотекаялда «Аваразул ракьалъул хӏакъалъулъ бицен» абураб музыкалиябгун литературияб тадбир тӏобитӏана. Гьелъул мурадги букӏана гӏолеб гӏелалъулъ халкъалъул тарихияб ирсалде, маданияталдегун гӏадатазде лъикӏаб бербалагьи куцай. Дагъистаналъул халкъазда гьоркьор ругел социалиял ва маданиял хаслъабаздехун адаб ва авар халкъалъул творчествоялде рокьи бижизабуна гьеб тадбиралъ цӏалдохъабазул ракӏазулъ. Моделияб библиотекаялда тӏубараб моцӏалъ тӏоритӏулел ругоан миллияб маданияталъул хӏакъалъулъ бицунел тадбирал. Гьаб нухалда гьениб авар халкъалъул маданияталъул, тарихалъул ва адабияталъул хӏакъалъулъ бицана цӏалдохъабазда.\nГьенир гӏахьаллъана Махӏачхъалаялъул №1 ва №4 гимназиязул цӏалдохъабигун мугӏалимзаби, №4 ва №5 Искусствоялъул школаздаса художествиял нухмалъулел, кьурдул ансамблял, кечӏ ахӏулел. Цӏалдохъабазе аваразул маданияталъул хӏакъалъулъ хӏакъикъат рагьана тадбиралде ячӏарай гьобол, ДРялъул культуралъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, магӏарулазул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ.\nБиблиотекаялъул хӏалтӏухъабаз берцинго нухда бачана цӏалдохъабазда магӏарул маданият ва адабияталъул бицунеб тадбир. Къокъго бицана магӏарулазул тарихалъул хӏакъалъулъги. «Щал кколел аварал» абураб видео-роликалда бицана нилъер халкъалъул къадруялъулги, тушманасе къуркьичӏел бахӏарчиял умумузулги хӏакъалъулъ. Кӏудияб гъирагун, сихӏкъотӏун гӏенеккарал цӏалдохъабазул ракӏазулъ жидерго миллаталдаса, гьелъул цӏар арал бахӏарзаздаса, бечедаб, къадруяб тарихалдаса чӏухӏи бижараблъи бичӏчӏунеб букӏана.\nЦӏалдохъабазда бицана рахьдал мацӏ нилъее умумуз тараб ирс бугин. Миллаталъул кьучӏлъун кколеб рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏони, миллатго гьечӏев чилъун хутӏулел рукӏиналде кантӏизаруна гьеб тадбиралъ лъималги чӏахӏиялги.\n№4 искусствоялъул школалъул цӏалдохъан Шуана Асадулаевалъ кӏудияб махщалида цӏалана Фазу Гӏалиевалъул «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб кечӏ. Магӏарул ва гӏурус мацӏазда кучӏдул рекӏехъе рицине пагьму бугоан Асадулаевалъул. №1 гимназиялъул цӏалдохъабазги магӏарул мацӏалда кучӏдул рекӏехъе рикӏкӏине кӏудияб хӏаракат гьабулеб бугоан.\nЦӏалдохъабазе ва тадбиралда гӏахьаллъаразе асар гьабуна искусствабазул №4 ва №5 школазул цӏалдохъабазул гьунаралъ. Магӏарулазул миллиял кьурдабиги, музыкалиял алатазда бакъналги хӏадурун ругоан искусствабазул школазул цӏалдохъабаз.\nГӏенеккаразе гӏажаибаб асар гьабуна искусствоялъул школалдаса цӏалдохъан Шамил Мухӏамадовасул кочӏоца.\nТубхӏат Зургьаловалъги цӏалдохъабазулгун аваданаб накъит гьабуна. «Дир гьайбатаб Алипба» тӏехьалъул хӏакъалъулъги бицана, гьелдаса цӏалдохъабазе кучӏдулги цӏалана.\n«Жакъа аваразул маданияталъул хӏакъалъулъ бицунеб къоялъ тӏоцебесеб иргаялда нилъерго миллаталъул кьучӏлъун кколеб рахьдал мацӏ цӏуниялъул бицине бокьун буго. Рахьдал мацӏ лъаларев чиясул букӏунаро миллатги, лъаларо гьесда жиндирго халкъалъул маданиятги адабиятги. Миллаталъул мацӏ лъазабизе ва цӏунизе байбихьизе ккола нилъерго рокъоса, школалдайин абуни рокъоб малъараб щула гьабула. Нилъерго халкъалъул шагӏирзабаздаса, хъвадарухъабаздаса, бахӏарзаздаса чӏухӏизе ккола. Магӏарул мацӏалда асарал хъварав, дунялалдаго цӏар арав Расул Хӏамзатовасдаса чӏухӏичӏого кин рукӏинел. Гьесул «Къункърабазе» памятник лъечӏеб цогӏаги пачалихъ батиларо дунялалда», — ян абуна гьелъ гьитӏичаздехун.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17188-k-vatiisel-ulkabazdasa-studentaze-brejn-ring", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17188-k-vatiisel-ulkabazdasa-studentaze-brejn-ring", "title": "Къватӏисел улкабаздаса студентазе брейн-ринг", "date": "2022-04-21 10:09:37", "categories": ["kkara-tar"], "text": "17 апрелалда “ЧитайЕшь” рестораналда “Тӏагъур” ва “Кӏаз” абураб проекталъул кьучӏалда тӏобитӏана къватӏисел пачалихъаздаса Дагъистаналъул вузазда цӏалулел ругел студентазда гьоркьоб Дагъистаналъул тарихгун маданияталда тӏасан брейн-ринг.\nТадбир гӏуцӏарал ва жибго гьеб проект ургъарал ккола филологиял гӏелмабазул кандидат Даниял Мухӏамадов ва этно-блогер Фатима Гӏабдурахӏманова (Фати-добро).\nКъецалда гӏахьаллъана 10 студент. Гьезда гьоркьор рукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса, Индиялдаса, Палестинаялдаса, Камеруналдаса васалгун ясал.\nБрейн-ринг гӏуцӏун букӏана лъабго бутӏаялдаса, ва хӏасилалда чӏел босана “Тӏагъур” къокъаялъ.\nПроекталъул аслияб масъала букӏана батӏи-батӏиял тадбирал, къецал тӏоритӏун, цӏех-рехал гьарун, лъималазулги, гӏолохъанаб гӏелалъулги, хӏатта къватӏисел улкабаздаса рачӏарал, нилъер гьанир гӏумру гьабун ругел гӏадамазулги нилъер рухӏияб бечелъиялъулгун лъай-хъвай гьаби, гьеб цебетӏезаби бугин бицана Фатима Гӏабдурахӏмановалъ.\n— “Тӏагъур” ва “Кӏаз”- гьеб бихьиназулги руччабазулги дандечӏей гуро. Нижеца хӏаракат бахъула унго-унгоял, нилъерго яхӏги махӏги чорхолъ бессарал бихьинчиясулги чӏужугӏаданалъулги образ рагьизе, жакъа къоялдаги умумузул гӏадат-гӏамал цӏунизе бажарулеблъи бихьизабизе, — ян бицана гьелъ.\nТадбир лъугӏун хадуб, “Тут добро” фондалъ, къецалъул гӏахьалчагӏазе кьуна кванил нигӏматазул къучӏби ва цогидалги сайгъаталгун шапакъатал.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "17239-khiurmatiyal-gazeta-tsialulel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17239-khiurmatiyal-gazeta-tsialulel", "title": "Хӏурматиял газета цӏалулел!", "date": "2022-04-22 14:23:56", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Журавли» гӏелмияб ва гӏадамал сах гьариялъул идараялъул кумекалдалъун «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъгун Россиялъул Халкъазул Ассамблеялъ, исана 16 июлалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏизе буго магӏарулазул «Миллаталъул цӏва» абураб республикаялъулаб фестиваль.\nГьеб тадбир гӏумруялде бахъинабулеб буго, ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда дандги бан, Р. Хӏамзатовасул 100 ва «Хӏакъикъат» газеталъул 105 сон тӏубаялда хурхун. Фестивалалъул аслияб масъала буго магӏарул мацӏ, адабият ва маданият цебетӏезаби, гьелъул кьучӏалда халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьаби. Фестиваль тӏобитӏиялъул Положениялда бихьизабухъе, гьенир рукӏине руго тӏадехун сураталда рехсарал номинациял.\nГьари буго, нужер хӏисабалда кинаб номинациялъе щив рекъарав вугевали нижер телеграмалъул гьаб https://t.me/+E81rnqdZaos4MGNi боталде хъван, ялъуни газеталдаса къотӏун гьеб нижехъе, редакциялде почалдаса яги электроннияб адресалде битӏеян (hakikat1917@mail.ru). Бегьула сурат бахъун вацапалъул номералде битӏизеги: 8(928)950-07-19. Нужер пикрабиги хӏисабалде росун, гьелъул хӏасил гьабизе буго хасаб жюриялъ.\nМагӏарул районазул бутӏрузде, школазул директорзабазде гьари буго Махӏачхъала шагьаралда 2022 соналъул 16 июлалда тӏобитӏизе бугеб Фестивалалъул кӏиабилеб бутӏаялде нужер районалъул вакилзабаз батӏи-батӏиял номинациязда рекъон хӏадурлъи гьабиялъе квербакъи гьабеян. Районазде битӏун буго гьелъул хасаб Положение. Фестиваль тӏобитӏизе буго «Журавли» гӏелмиябгун гӏадамал сах гьариялъул комплексалда, гьаб адресалда: Махӏачхъала, Сулахъ шоссеялъул 4-аб. километр. Байбихьи – радал сагӏат 10-ялда. Фестиваль тӏобитӏиялъул Положение батила нужеда «Хӏакъикъаталъул» сайталдаги (https://hakikat.info/), телеграм-каналалдаги https://t.me/+E81rnqdZaos4MGNi"}
{"slug": "17321-indiraldasa-idrisitsa-shamil-imamasukh-e-kh-varab-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17321-indiraldasa-idrisitsa-shamil-imamasukh-e-kh-varab-kag-at", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2022-04-28 05:38:15", "categories": ["rel"], "text": "Идрисил рахъалдасан дир мугъчӏвай гьабулев сайид, муъмин- забазул амир Шамилиде. Ассаламу гӏалайкум. Аллагьасул салам лъеги дуда, Гьесул рахӏматал-разилъигун цадахъ. Амин. Цинги. Нилъер вац наиб Хӏажияс Ражабихъе кьун, гьесда кодоб букӏараб хеч, Алмахъ росулъа анцӏила цо чиясда гьоркьоб гӏахьалаб хеч буго, хумус босун хадуса хутӏун букӏараб. Гьебги гьанже гьезул мулк, ай гьезул буголъи ккола, цебе букӏараб гӏадин. Гьеб нижее, цӏураб сордоялъ зодоб моцӏ кинигин, якъи- наб буго. Щайгурелъул гьеб гӏемерал гӏадилал чагӏазул нугӏлъиялдалъун нижеда аскӏоб чӏана. Хадубги нижер салам бице Дагъ- истаналъул горсвериялъул бакълъун вугев шайихзабазулги шайих Жамалудинида, гьединго гвангъараб кӏиго цӏва Мухӏамад-апандидаги къади Хӏажиясдаги, гьединго имамасул кваранаб кверлъун вугев нижер вац Хӏажи-Яхӏядаги. Жеги дица дуде васият гьабулеб буго, дир хирияв имам, сордо-къоялъул хириял гӏужазулъ дур дугӏаялъул чвахи нижедеги биччаян абун. Вассалам. Гьалдалъун тана. Нахъисеб рахъалда: Шамилил рахъалдасан дир вац Хӏажиясухъе. Ассаламу гӏалайкум. Цинги. Нилъер вац Идрисил рахъ- алдасан гьаб кагъат дихъе щведал, гьесул гьари нахъчӏвазе дие рес рекъечӏо. Гьединлъидал дуца нилъер вац Ражабихъ тун букӏараб хеч дица тӏадбуссинабуна. Дуца гьесдаги дов цоясдаги гӏайиб чӏваге. Вассалам"}
{"slug": "17330-kkurab-kial-k-abul-gabegi-iftaral-kialbichchank-o-va-geb-gureb-tsogidabgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17330-kkurab-kial-k-abul-gabegi-iftaral-kialbichchank-o-va-geb-gureb-tsogidabgi", "title": "Ккураб кӏал къабул гьабеги! Ифтарал, кӏалбиччанкъо ва гьеб гуреб цогидабги", "date": "2022-04-28 09:28:50", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хӏурматиял «Хӏакъикъат» газета цӏалулел. Гьале исанаги ахиралде щвана бищун хириял моцӏазул цояб, жинда жаниб рахӏматалги гӏемераб, баракатги гьарзаяб рамазан моцӏ. Кӏалбиччанкъоялде столал къачӏалел, натӏухӏ къалел, пахъухъ багъарулел, цӏурачадазе нису хъурулел, гьаналъхинкӏазе гьан буссулел, ай «бищун тӏагӏамаб пишаялде» руссун ратила гӏемерисел. Рагьде рачӏарал гӏисинал лъималазул къвачӏинибе рехизе конфет-чакаралъул нахърател гьабулел ратила цогидал. Лъабабилел магӏарухъе ине транспорт балагьулел, Гӏидалъул къоялъ умумузул хабаде рахине щвезе, росулъе гӏедегӏун ратила.\nАллагьас нужер киназулго ккураб кӏалги бахъараб сахӏги къабул гьабеги. Тӏаде-тӏадеялъул бачӏунеб къоги, гъорлъа чи камичӏого, дандчӏвалеб батаги киназго. Амин.\nИфтаразул гуч\nАхиралде щолеб бугеб рамазаналъе нухги битӏулаго, аралъул хӏисабги бачӏунелъул пикруги гьабизе минутал тӏаде щолел рукӏун, жакъасеб номералда кӏалккун моцӏалъ республикаялда лъугьунеб-толеб букӏаралъул хъвазе хӏукму ккана.\nКутакалда ракӏгъураб моцӏ букӏуна рамазан. «Рамазан тӏаде щолелъул, рагьула алжаналъул каваби ва къала жужахӏалъул, гьединго илбисалъул хӏатӏалги квералги рухьуна. Рамазаналда жаниб бугебщинаб кириги лъикӏлъабиги лъалебани инсанасда, гьесие бокьилаан гьеб моцӏ тӏубараб лъагӏалица букӏине». Лъимерлъудасаго лъалел свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисал…\nХӏакъикъаталда бицун бажарулареб рекӏелгъейги, ракӏжубайги, пашманлъиги, рохелги жубараб моцӏ буго рамазан. Буго гьелъулъ цо гӏажаибаб къуват.\nДиени бищунго рамазаналъул ахирисеб къо бокьула. Гӏага-божаразул хабазде зиярат гьабизе рачӏарал гӏадамаз цӏун, берцинаб чӏаголъиги ракӏжубайги букӏуна гьеб къоялъ росулъ. Бакъаникакдаса рахъун хадуб харабаз бачунеб такбиралъул гьаракь, цоцазул росулел кверал, «тӏадеялъул бачӏунеб къо рохалида, гъорлъа чи камичӏого дандчӏвалеб батагиян» цоцазе гьабулеб гьара-рахьи. Маркӏачӏудехун щибаб авалалда кӏалбиччалеб гӏужалдехун тӏагӏамаб кванил махӏ. Лъимерлъудасаго гьеб сурат хутӏана рекӏелъ бикӏун.\nИсанасеб кӏалккун моцӏ ракӏалда чӏанин абизе бегьила рикӏкӏен гӏемерал ифтараздалъун. Церехун нилъер болмоцӏалда гӏемер хӏалтӏизе гьарулел рукӏинчӏел цӏиял рагӏабаз щулаго ккуна жиндирго бакӏ. Ифтарги сухӏурги (маркӏачӏуда кӏалбиччай ва кӏал кквезе радакь рахъин) кколеб буго гьезул магӏна.\nАмма жибго сухӏуралъул цӏакъго къанагӏат гурони бицунеб рагӏуларо, масала, ифтаралъул гӏадин. Радакь рахъине кинавго чиясухъа бажарулеб гьечӏолъигӏаги батила гьелъие гӏилла. Амма ифтаралде нилъер гӏадамал цӏакъ гъираялда рачӏунел руго. Гьеб якъинго бихьана щибаб къоялъ маркӏачӏул гӏужалдехун шагьаралъул мажгитазда цебе бакӏарулеб гӏаламалъухъ балагьун. Бищун цӏикӏкӏун гӏалам данделъана жеги бан бахъун гьечӏеб Гӏиса аварагасул (гӏ. с) цӏаралда балеб рухӏияб централда. Кӏалккун моцӏ лъугӏизегӏан республикаялъул киналго муниципалиял районаз ирга гьабун ифтарал гӏуцӏана гьенир. Щибаб къоялъ 5000-гӏанасев чи кваназавуна. Жидерго районалъул ифтар тӏобитӏулеб къоялъ бищун рикӏкӏад бугеб магӏарул росулъаги рачӏана гьенире гӏадамал. Ахӏулел мавлидалгун нашидалги, рухӏиял церехъабаз гьарулел вагӏзабиги, белъунеб пловги. Хӏасил-калам, гӏураб чӏаголъи букӏана гьаб моцӏалъ рухӏияб централда.\n23 апрелалда Каспийскиялда, «Анжи-Аренаялда», тӏобитӏана республикаялъул ифтар. 22000-гӏанасев чи вакӏарун вукӏана гьеб къоялъ стадионалде. Байбихьуда цохӏо Каспийск шагьаралъул гӏадамалги ахӏун гьабизе ракӏалда букӏараб гьеб, хадуб тӏолабго республикаялъулаб даражаялда тӏобитӏизе ракӏалде ккун буго гӏуцӏарухъабазда.\nТадбиралъе байбихьи лъуна Йеменалдаса гьоболас Къуръаналдаса аят цӏалиялдалъун. Битӏун тӏадбан гьес гьеб цӏалулеб заманалда халкъалда гъорлъ цо рагъа-рачари лъугьана, цересел кьерда рукӏарал гӏадамал варххан тӏаде рахъана. Муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи вачӏунев вихьун тӏаде рахъарал чагӏи рукӏана гьел. «Гӏодор чӏа, гӏодор чӏа, дун кӏодо гьавурал нуж Аллагьасги кӏодо гьареги», — ян абулаго, цадахъ вукӏарав гьоболгун, гӏодов чӏана муфти.\nЙеменалдаса гьоболасдаса хадуб сцена ккуна Авар театралъул гӏолохъанав актер Мухӏамад Дудуевасги гьесул гьалмагълъиялъги. Сагӏудиязул Гӏарабиялда букӏунеб гӏадаб ретӏа-къайгун, свалат-салам лъеяв аварагасухъ Мадинаялъул халкъ ралагьун чӏун рукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ бицунеб гьитӏинабго сценка бихьизабуна гьез. Цӏакъ махщалида хӏана Дудуевас гьеб роль. Гьунар бугев чи вуго.\nХис-хисун рачӏун, «Кавсар», «Бакълухъ» ва «Нашидул Ислам» къокъабаз ахӏулел нашидазги берцин гьабуна тадбир. Анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сон бан букӏана «Нашидул Исламалдаса» Мухӏамадшафи Гӏашуровасги Яхӏя-хӏажи Мухӏамадовасги ахӏулел нашидал рагӏичӏого. 2009-2010 соназда цӏакъ машгьураб къокъа букӏана гьеб республикаялда. Доб мехалъ нашидал ахӏулел гӏолохъабиги гӏемер рукӏинчӏо. Гьез байбихьи лъунин абизе бегьула. Кӏиялго гьел ккола Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъул рукӏарал будунзаби. Гӏарабазул будунасул гьаркьида релълъинабун, гьез ахӏулеб какил гьаракь тӏолабго Махӏачхъалаялда тӏад тӏибитӏун унаан 15 соналъ цебе. Лъикӏал гӏолохъаби руго. Исламги аварагасул нухги ккурал. Тӏабигӏаталъ кьураб гьунар, гьаб ракьалъул рокьукъабщинаб, къабихӏабщинаб, сурарабщинаб пишаялда гьоркьоб билизе течӏого, гӏаламго хӏайран гьабун, бацӏцӏадаб нияталъе къурбан гьабурал. Аллагьасул баракатги саламги лъеги гьезда.\nБерцинго ахӏулел нашидазухъги, имамзабаз, гӏалимзабаз гьарулел вагӏзабазухъги гӏенеккун гьоркьо-гьоркьор сагӏтиде балагьун, кӏалбиччалеб гӏуж кидадай щвелаян сабру хун рукӏана гӏемерисел. Кин бицаниги, махӏниги бигьаяб жоги батиларо, къоялъ ракъунги рукӏун, жеги кӏал биччазе лъабго сагӏатгӏанасеб мехги букӏаго, гӏодоб тӏибитӏараб кванихъги ралагьун, къулчӏулаго хӏацӏугун, заман инаби.\n«Нусабго лагаялъ кквезе ккола рамазан моцӏалъ кӏал»\nГӏадамазда гьоркьоб дагьабго чӏаголъи лъугьана тадбир бачунес Мухӏамадрасул-хӏажи Сагӏадуевасе рагӏи кьедал. Халкъалъе бокьула гьесул вагӏзаялъухъ гӏенеккизе. Жакъа гӏадин ракӏалда буго Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамлъун гьев хӏалтӏулел соназ, гьесул вагӏзаялъухъ гӏенеккизе гӏоло, как ахӏизе сагӏаталъ цеве рузман къоялъ мажгиталде дунго гӏедегӏулев вукӏараб куц. Цо рузманалда гьес, цогидаб анкьидасан гьесул заместитель Зайнулла-хӏажи Атаевас гьарулел камилал вагӏзабазухъ гӏенеккизе ругьунлъун вукӏана. Дун гуревги, тӏубараб шагьарго. Сабураб, рекӏелъе лъугьунеб гьесул каламалъ дида дунялалда квешлъиги, хӏалихьатал гӏадамалги, кибалиго чӏвай-хъвейги, инжитлъиги, пасалъиги бугеблъи кӏочон тун батулаан. Ракьалда тӏад цохӏо исламги, гьелъул гӏорхъаби лъалареб гӏатӏилъиги берцинлъиги гурони гьечӏин абураб пикруялъ ханлъи гьабулаан дида тӏад.\nГьедин букӏана 10-15 соналъ цебе. Гьебгощинаб заман бан букӏана дида Мухӏамадрасул-хӏажи Сагӏадуевасул вагӏза рагӏичӏого. Махӏачхъалаялъул мажгиталъул имамасул хъулухъги тун, муфтиясул тӏоцевесев заместительлъун ана гьев цо заманалъ. Гьединго гьев вукӏана республикаялъул гӏалимзабазул советалъул нухмалъулевги. Гьанже муфтиясул кумекчилъун вуго.\nКидаго гӏадин цӏакъ щвалде щвараб, бергьараб магӏнаялъул букӏана республикаялъул ифтаралде халкъ данделъараб бакӏалда гьес гьабураб вагӏзаги. Щибаб абураб рагӏул магӏна гьабун, тӏубараб мажмугӏ бахъизе рекъараб кӏалъай букӏана.\nМухӏамадрасул-хӏажица баркана бусурбабазда ахиралде щолеб бугеб рамазан моцӏ. Бицана гьелъул пайдабазул, лъикӏлъабазул, гьелъ жанире рачун ругел рикӏкӏен гӏемерал кири кӏудиял мисалазул.\n— Жакъа гьаниве вачӏанщинав чиясда кӏвелаан гӏадатияб къагӏидаялъ, рокъор телевизоралда цере нужерго гӏага-божаралгун, лъикӏаб тӏагӏамаб кванда нахъа кӏалбиччазе. Жакъа гьаниб белъун кьолеб пловалдеги, чанго чадил мочӏуялдеги хьулги лъун рачӏун ратиларо нуж гьанире. Нуж киналго гьанире рачӏана динцоял вацалги яцалги цоцада рихьизе бугеб ресалъ, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи, вацлъи щула гьабизе бугеб нияталъ ахӏун. Нилъеца кигӏан гӏемерал кӏалал ккуниги, гӏибадат гьабуниги, гьелъул щибниги мунпагӏалъи гьечӏо, цоцазда гьоркьоб гьуинлъиги ракӏжубайги гьечӏони.\nРамазан моцӏалъго гӏадин, алжаналъул каваби рагьула щибаб итни ва хамиз сордоялъ. Нилъер лъикӏал гӏамалал къабул гьаризе къачӏан рукӏуна малаикзабиги. Амма свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадис буго, гӏумруялъ гӏибадатги гьабун, кӏалалги ккун ругел кӏиявго диналъул вацасул лъикӏаб гӏамал къабул гьабуларила, гьел цоцалъ барщун ругони. Тӏадегӏанав Аллагьас амру гьабулила малаикзабазде, гьел кантӏуларищали бихьизе, гьезие дагьалъ заман кьейилан. Гьеб мехалъги рекъезе гьез ният гьабичӏони, гьезул лъикӏаб гӏамал къабул гьабуларила тӏадегӏанав Аллагьас. Гьедин буго хириял диналъул вацал, свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда. Гьанже нужецаго пикру гьабеха, къад къоялъ кӏалги ккун лъикӏаб гӏамал гьабулелинги абун, Аллагьасда цереги рукӏун, цоцазда гъорлъ гьуинлъи гьечӏони, нилъер кӏалазулги гьабураб гӏибадаталъулги хайир букӏинищали. Цоцалъ рекъон ругел гӏадамазул разиял гьурмаздаса берцинаб жо щибха букӏинеб? Гьединлъидал дица гьарула нужеда цоцазда гъорлъ берцинго, лъикӏлъиялда рукӏаян. Гьадинги хӏалуцараб ахӏвал-хӏал буго улкаялдаги, улка тун къватӏибги. Ахӏвал-хӏал лъикӏаб гьечӏо. Кинабго жо хиралъулеб буго. Гьаб дандекъараб, къваридаб ахӏвал-хӏалалда гьоркьор нилъго рукӏине бегьуларищ ракӏ разиго, рохун, цоцазе кӏвараб кумекги гьабун?\nГьединго дие цоги абизе бокьун буго цохӏо кванидаса инкар гьабун, кӏал ккун ругилан рукӏарал гӏоларо нилъ рамазан моцӏалда. Киналго лугбаз буго кӏал кквезе къваригӏун. Гьереси-гъибаталдаса, чороклъиялдаса, зинаялдаса нилъерго лугбал цӏунизе къуват кьеги нилъее киназего. Гьеб ният нилъер загӏиплъугеги кӏалккун моцӏ лъугӏун хадубги. Рамазан моцӏ унилан, ричча-рихъан, ургъел кӏочон, мунагь-хатӏаялде ракӏ гьесулеб хӏалалъ рукӏине бегьиларо нилъги, нилъер нусабго лагаги. Аллагьас тавпикъ кьеги тӏоцебе диеги, хадуб нужееги битӏарб нух кквезе, щайтӏанги рекӏелъа бачахъизе. Ассаламу гӏалайкум, варахӏматуллагьи вабаракатугьу, — ян лъугӏизабуна Мухӏамадрасул-хӏажица вагӏза.\nЖиндасаго хадуб кӏалъазе рагӏи кьун, сценаялде гьес ахӏана Татарстан республикаялъул муфти Камил-хӏазрат Самигуллин. Нилъер республикаялде гӏемер щолев гьобол вугин, цӏакъ берцинаб рецц-бакъ гьабун, адабалда къабул гьавуна Мухӏамадрасул-хӏажи Сагӏадуевас гьев сценаялде.\nЖидер доба абулин ахӏичӏого вачӏарав гьоболасдаса квешав чи цохӏо татарав гурони вукӏунарин абун. Гьединлъидал гӏемерав щваниги, ахӏичӏого жив Дагъистаналде вачӏунарилан махсараги гьабун байбихьана Камил Самигуллиница кӏалъазе. Цӏакъ кӏалъазе махщел бугев чи вугоан. Бихьулеб букӏана чанго бакӏалда цӏалун, исламияб лъай камил гьабурав чи вукӏин. 2003 соналда Махӏачхъалаялъул Мухӏамадгӏариф-афандиясул цӏаралда бугеб Северияб Кавказалъул исламияб институталде цӏализе лъугьун вукӏун вуго гьев. Лъагӏалица гьенивги цӏалун, 2003-2007 соназда цӏалун вуго Стамбулалъул «Исмагӏил агъа» мадрасаялда. Википедиялда хъвараб жо уяб батани, 2017 соналда цохӏо гьев вукӏун вуго Россиялда ругел муфтиязда гьоркьов Къуръан рекӏехъе лъалев хӏафиз.\nЦӏакъ берцинаб, магӏна гъваридаб вагӏза гьабуна гьес «Анжи-Аренаялда».\nБищун ахиралда гӏадин кӏалъазе рагӏи кьуна республикаялъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасе.\nДагьав кватӏун вугониги, Каспийскиялда букӏараб кӏудияб ифтаралде вачӏине заман батана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасдаги.\n«Нашидул Ислам» къокъаялъул хӏаракатчи Мухӏамадшафи Гӏашуровас, маркӏачӏул какги ахӏун, киназго кӏал биччана. Кваналел гӏадамал рукӏаго, салюталги кьвагьана. Цо-цо тӏокӏрорчӏарал мисалалги камуларелъул, гьеб квагьа-гӏанхъи гьабиялъул щибго магӏнаги букӏинчӏо гьениб.\nУмумузул кӏалбиччанкъоялдаса ракӏалдещвей\nГьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго, умумузул биценазда рекъон, некӏо магӏарухъ кӏалккун моцӏ ва гӏидалъул къоялъул тӏагӏам кинаб букӏарабали ракӏалде щвезабиялдалъун.\nЭбелалъ бицунаан гьелъиеги кӏудияй эбел Париханил Патӏиматица бицараб цо гьадинаб хабар.\nГьанжеялдаса 100-125 соналъ цебе, нартичирахъал гурони гьечӏеб заманалда, гӏадамал тӏаде рахъинаризе унаанин жиндир эмен, мунагьал чураяв Ахкул Мухӏамад.\nБухулаго резил тӏарсгун: «Гьан тӏамулел тӏаде рахъа, тӏех буцулел дагьалъги чӏа, чӏагӏа бугес дунги ахӏе, гьо, гьо, гьо – гье -гье, гьа- гьа», — янги ахӏулаго, радакье гӏужалъ росу сверулеб букӏун буго гьес.\nЦохӏо лахӏзаталъгӏаги гьеб заманалде ине рес букӏарабанищин ккола дида гьеб хабар ракӏалде щванщинахъе… Гьелдаго цадахъ цӏакъ хьул лъола умумузул кӏалбиччанкъоялъ столалда тӏад букӏунеб букӏараб тӏагӏамалъул эбелалъ дие бициндал. Гьанже гӏадин, гохӏ гьабун, гӏемерисеб нухалъ лъицаниги хӏалбихьичӏого толел торталгун пирогал гуреб: натӏухӏги, пахъухъги, хъухъанчадалги, гьоцӏоги, цӏурачадалги, урбаги, беччараб чедги букӏунаанин цебе кӏалбиччанкъоялъ хӏадурун. Гьанже лъил рокъоб гьединаб тӏагӏам батулебали нужецаго нужее кье суал. Нагагьлъун жаваб щвани, нижехъе, редакциялдеги битӏе.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "17334-veteranaze-giarats-tsiikikiinabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17334-veteranaze-giarats-tsiikikiinabuna", "title": "Ветераназе гӏарац цӏикӏкӏинабуна", "date": "2022-04-28 09:34:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Жакъа республикаялда хутӏарав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул 29 ветеранасе моцӏи-моцӏие кьолеб гӏарац цӏикӏкӏинабизеги, ремонтал гьарун, байрамкъоялде гьезул рукъ-бакӏ къачӏазеги, цогидал хӏажалъаби тӏуразеги гӏамал гьабеян тӏадкъай кьуна Сергей Меликовас гьал къоязда республикаялъул нухмалъиялда тӏобитӏараб данделъиялда.\nЦӏикӏкӏинабун буго Бергьенлъиялъул къоялде ветераназе цоцӏул кьолеб гӏарацги (30 азарго гъурщил бакӏалда — 50 азарго), материалияб рахъалъ цӏуна-къаялъе моцӏи-моцӏие кьолеб гӏарацги (кӏиазаргоялъул бакӏалда – 20 азарго гъурущ)."}
{"slug": "17336-osetiyalda-32-dag-istaniyase-pamyatnik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17336-osetiyalda-32-dag-istaniyase-pamyatnik", "title": "Осетиялда – 32 дагъистаниясе памятник", "date": "2022-04-28 09:38:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "8 маялда Моздок районалъул Малгобек росулъ (Северияб Осетия-Алания) рагьизе буго цӏи гьабураб памятник. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазе лъураб гьелда чӏван буго 32 дагъистаниясул цӏар хъвараб мемориалияб хъарщи.\n«Хӏакъикъаталъе» гьедин бицана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда Моздок районалда гӏуцӏараб миллиябгун культурияб централъул нухмалъулев Мухӏамад Гьиматовас.\n32 дагъистаниясда гьоркьор рихьизарурал батӏи-батӏиял миллаталъул вакилзабазул щугоял ккола магӏарулал – Мухӏамад Жамсудинов, 1904 соналда гьавурав (Чӏарада район), Тибиров Мухӏамад (1908 соналда гьавурав, Тляркала абун хъван буго росдада цӏар), Сагӏид Хасаев (1907 сон, Буртунай росу), Султан Гӏалиев (1912 сон, Цӏобокь росу), Мухӏамад Мусаев (Ерханович) (1921 сон, Чӏохъ росу).\nГьиматовасул рагӏабазда рекъон, гьел ккола Россиялъул Оборонаялъул министерствоялдаса щварал баянал.\n1942 соналъул 13 сентябралда фашистаздаса Малгобек росу цӏунун рагъарал солдатал ккола гьел.\nГьел дагъистаниялго гӏадин, ахираб заманалда «Поисковое движение России» абураб гӏуцӏиялъ тӏатинарун руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гьеб ракьалда чӏварав советияв 300 рагъухъанасул цӏаралги.\n8 маялда Малгобекалда памятник рагьиялъулъ гӏахьаллъизе ахӏулел руго Моздокалда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъги миллиябгун культурияб централъги тӏадехун рехсарал солдатазул гӏагарлъи.\nИне бокьараз цебеккунго бухьен кквезе бегьула РСО-Аланиялда бугеб Дагъистаналъул диаспораялъулги Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб централъулги нухмалъулев Мухӏамад Гьиматовасулгун (8-961-821-46-17), гьединго гьесул заместитель Сулейман Джахаевасулгун (8-928-482-96-71)."}
{"slug": "17337-kh-ulukh-azdasa-makhiruml-ize-res-bugeze-kumekal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17337-kh-ulukh-azdasa-makhiruml-ize-res-bugeze-kumekal-e", "title": "Хъулухъаздаса махӏрумлъизе рес бугезе кумекалъе", "date": "2022-04-28 09:40:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда гӏуцӏун буго хъулухъаздаса нахъе рехизе рес бугев ункъазаргоялдаса цӏикӏкӏун чиясе заманаялъ хӏалтӏи балагьулеб (чӏезабулеб) пачалихъияб программа («Реализация дополнительных мероприятий в сфере занятости населения, направленных на снижение напряженности на рынке труда в Республике Дагестан»).\nГьединго хӏалтӏи гьечӏого хутӏаразул хъвай-хъвагӏай гьабулел центразда иргаялда чӏарав кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун чиясеги ралагьизе руго заманаялъ жамгӏиял хӏалтӏаби.\nПрограммаялда тӏад харж гьабизе буго 403,8 млн гъурущ. Гьелда гьоркьоса 399,8 млн гъурущ ккола федералияб бюджеталдаса биччалеб."}
{"slug": "17339-opolchentsal-rag-ul-giakhalchagii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17339-opolchentsal-rag-ul-giakhalchagii", "title": "Ополченцал — рагъул гӏахьалчагӏи", "date": "2022-04-28 09:42:27", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рагъул гӏахьалчагӏазда ващалъизавуна жеги 19 дагъистанияв. Гьел ккола 1999 соналда республикаялда букӏараб рагъулъ гӏахьаллъарал ополченцал. Гьеб даражаялъе мустахӏикълъизе квербакъана рагъулъ гьезие щварал шапакъатазги судазул хӏукмабазги.\nДРялъул хӏукуматалъ 2021 соналъул 11 октябралда тӏоцебе тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхӏалда вукӏана 529 чи. Тӏаде цӏи-цӏиял цӏарал лъанагӏан, гьеб кӏодолъулеб буго. Гьедин гьанже ахиралда жидехъе щуго батӏияб муниципалияб гӏуцӏиялдаса гӏарзаби рачӏун рукӏанин бицана хӏукуматалъул данделъиялда захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовас."}
{"slug": "17340-bakhiarchiyasul-tsiaral-e-mustakhiik-l-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17340-bakhiarchiyasul-tsiaral-e-mustakhiik-l-ana", "title": "Бахӏарчиясул цӏаралъе мустахӏикълъана", "date": "2022-04-28 09:44:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 апрелалда, «Дагъистан» РИАялда танкалъул экипажалъул командир, кӏудияв сержант Марат Халикъовгун журналистазул дандчӏвай тӏобитӏана. Гьесул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ улкаялъулго СМИяздасан бицунги букӏана. Лъукъиялъухъ балагьичӏого, гьесухъа бажарана жиндирго къайицадахъасул гӏумру хвасар гьабизе ва тушманасухъе щвеларедухъ жиндирго танк кьвагьизабизе. Халикъовас журналистазе бицана Украинаялда бугеб хасаб операциялда нилъер солдатазул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги, кинабго хӏажатабщиналдалъун гьел пачалихъалъ хьезарун рукӏиналъулги. Марат Халикъовасе бахӏарчиясул цӏар кьезе хӏадурлъи гьабулеб бугинги бицана данделъиялда. Маратилгун ккараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицине буго газеталъул хадусеб номералда."}
{"slug": "17341-rak-bosize-bigal-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17341-rak-bosize-bigal-abi", "title": "Ракь босизе бигьалъаби", "date": "2022-04-28 09:46:19", "categories": ["deti"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул данделъиялда премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана цо-цо бизнесменаз жидехъе рачӏарал гӏарзабазда гьарулеб бугила ракь босулелъул инвесторазе бигьалъаби чӏезареян.\n2017 соналъул 29 декабралда бахъараб законалдаги («О порядке определения цены продажи земельных участков…») хъван буго гьединал бигьалъабазул хӏакъалъулъ. Масала, торгалги гьаричӏого, кадастралъул багьаялда рекъонги босизе бегьулеб буго гьеб, цӏакъго кӏудияб мурадалъул проектал гӏумруялде рахъинарулел ругони.\nГьединго мал-мулкалъул ва ракьул суалазул министр Заур Эминовасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан бюджеталде цо течӏого налогалги кьолел, хӏалтӏухъабазе лъикӏал харжалги чӏезарулел, жиндир заманалда проекталги гӏумруялде рахъинарулел инвесторазеги гьеб ракь босиялъул рахъалъ бигьалъаби гьаризе."}
{"slug": "17342-khiazhizabazul-k-adar-dagl-ila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17342-khiazhizabazul-k-adar-dagl-ila", "title": "Хӏажизабазул къадар дагьлъила", "date": "2022-04-28 09:48:38", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Къираллъиялъ (КСА) хӏукму гьабуна исана хӏежалде гӏицӏго цо миллионгӏанасев чи виччазе. Гьелда гьоркьоса Россиялъе бихьизабун буго 11 318 бакӏ. Цебеялде дандеккун кӏиго нухалъ дагь буго гьеб къадар.\nГьел бакӏалги кин улкаялъул регионазда гьоркьор кин рикьилел, чан дагъистанияв хӏежалде иневалиги жеги лъаларо. Жибго Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Къираллъиялдаса вукӏине рагӏула 150 000 чи.\nБусурбабазе хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул, унтабаздаса гьел цӏуниялъул мурадалда исана Хӏежалъулги Гӏумраялъулги рахъалъ КСАялъул министерствоялъ цере лъурал тӏалабал гьадинал руго: хӏежалде риччалел руго 65-ялдаса тӏаде сонал гьечӏел гӏадамал; гьезухъ букӏине ккола КСАялъ рахъ ккураб, ковидалдаса цӏунулеб вакцина. Гьединго кодоб букӏине ккола самолёталда рекӏине 72 сагӏат хутӏидал гьабураб ПЦР-тесталъул хӏасил."}
{"slug": "17343-khunderie-batsitsiadab-l-im-shchvela", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17343-khunderie-batsitsiadab-l-im-shchvela", "title": "Хундерие бацӏцӏадаб лъим щвела", "date": "2022-04-28 09:52:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана май моцӏалъул ахиралда Хунзахъ хӏалтӏизе биччазе буго гьекъолеб лъим бацӏцӏад гьабулеб станция. Гьедин хъвалеб буго Россиялъул Минстроялъул официалияб сайталда.\nГьанже заманалъул материалги хӏалтӏизабун, цӏакъ мухӏканго рогӏралги цогидаб къайи-цӏаги лъун, 26,8 млн гъурущги тӏад харж гьабун гӏумруялде бахъинабураб федералияб проект («Чистая вода») ккола гьеб. Сордо-къоялда жаниб лъел 1296 кубометр яги секундалда жаниб 15 литр бацӏцӏад гьабула гьеб станциялъ.\nГьелдалъун анкьазаргоялде гӏагарун чиясе бацӏцӏад гьабураб лъим щвезе рес буго.\nХунзахъа гӏадамаз бицухъе, станция бан буго Байикьехун унеб нухда. Гьелъие кьучӏ лъуралдаса гӏезегӏан соналги ун руго.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "17345-rakul-batarab-tarikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17345-rakul-batarab-tarikh", "title": "Ракьулъ батараб тарих", "date": "2022-04-28 09:53:24", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Гъизилюрт районалъул Языковка росдада гӏагарлъухъ ратана 1942 соналда бортараб Су-2 самолёталъул хутӏелал. Амма гьелъул лётчик щив вукӏаравали якъинлъун гьечӏо. Гьедин бицана гьал къоязда республикаялъул журналистазе кьураб пресс-конференциялда Хӏайбула Гӏумаровас. Гьев ккола «Поисковое движение России» абураб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев.\nАкаевасул самолёталъул гӏадаб къисмат ккеладай?\nХӏайбула Гӏумаровасда цадахъ журналистазулгун дандчӏваялде рачӏун рукӏана самолёталъул кескал ракьулъа рахъизе квербакъарал Хасавюрталдаса ТОКСалъулалги – «Кавказ» абураб къокъаялдаса гӏолилал. Гьездаго цадахъ жеги Ингушетиялдасагун Нижний Новгородалдаса поисковикалги гӏахьаллъун руго гьеб ишалъулъ.\nХӏайбула Гӏумаровасул рагӏабазда рекъон, самолёталъул хутӏелал кир ругелали Языковка росдал гӏадамаз бицун буго гьезда. Лъабго къоялъ тракторалъги цадахъго гӏолохъабазги лъабго метралъул гъварилъуде щвезегӏан ракь бухъун гурони, гьезда тӏадеги кколел рукӏун гьечӏо. Дагьабниги гъварилъуде раккидал, лъимги кӏанцӏун буго гьенибе. Гьелъги квалквал гьабун буго ТОКСалъулазе.\nГьединлъидал гӏезегӏан заман къваригӏинехъин буго хӏарщудасаги кьавуялдасаги гьел рекелал рацӏцӏад гьаризе. Гьедин гьабизе гьабсагӏаталда Хасавюрталде росун руго гьел. Цебе ккараб куцалда хӏарщги кьавуги нахъе хъвагӏани, тӏаса номералги цогидаб хъвай-хъвагӏайги ине бегьулин бицана Гӏумаровас.\nРатанщинал кескал дандрай цохӏо ТОКСалъулазе захӏмалъулин, амма къватӏисан гьелъие кумек щвани, гьабизе кӏолареб жоги гьеб гурин бицана Гӏумаровас. Масала, Казаналда ругила гьединал махщалилал.\nХадурккун самолёталъул хутӏелал республикаялъул цониги музеялда лъезе бегьилин Гӏумаровас абидал, журналисталъ гьикъана Юсуп Акаевасул самолёталъулго гӏадаб къисмат ккеладай гьелъулгийилан. Анлъго соналъ цебе Керченский проливалъул тӏиндаса бахъараб Совет Союзалъул Бахӏарчиясул Ил-2 Буйнакскиялъул музеялъул азбаралъуб туризе тун батун, ахӏи бахъун букӏана. Жидеца иш гьелде ккезе теларин рагӏи кьуна Хӏайбула Гӏумаровас. РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановасги рахъкколила жидер тадбиразул.\nВатӏаналде тӏад руссин\n«Кавказ» гӏуцӏаралдаса сверулеб бугеб щуго соналда жаниб гьелда гъорлъе рачӏунел, хадур цо-цо гӏиллабазда бан (ясал – росабазе кьун, васал — цӏализе ун) нахъе арал киналниги гӏолилазул къадар 150-ялде бахана.\nГьезул цояв, Мурадица бицана, Ингушетиялдагун Волгоградалда, Севастополалда жидеда ратанила Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалъул рагъухъабазул жаназабиги, медальоналги, минабиги. Гӏагарлъиялъул чагӏи лъалел ругони, гьезухъе тӏад руссинарулел руго гьел. Гъоркьиса тӏад буссинабуна гьединаб ункъо медаль. Масала, гьезул кӏигояб щвезабуна Бавтугъаялдеги Калининаулалдеги.\n«Поисковое движение России» абураб гӏуцӏиялъ рукъизе гъоркьиса Бацӏаде росун рачӏана 1941 соналда Ленинград цӏунулаго чӏварав гьеб росулъа Мухӏамад Нуралаевасул рукьбиги. Гьесде щвелалде Краснодаралдаса ралагьун Мухӏамад Маркъуловасул рукьбиги рачӏун рукӏана Сугъралъе. Араб бакӏ лъачӏого тӏагӏараллъун рикӏкӏунаан гьел.\n«Севастополь фашистаздаса бацӏцӏад гьабулаго тӏубанго тӏагӏинабун букӏана 1941 соналда Дербенталда гӏуцӏараб Дагъистаналъул 345-абилеб стрелковияб дивизия. Гьединлъидал гьеб шагьар нижее цӏакъго гӏагараб буго, щибаб соналъул апрелалдагун августалда гьенир тӏоритӏулел ТОКСалъул тадбиразулъги гӏахьаллъула ниж. Гьединго Волгоградалдеги гӏемер щола. Гьенибги, Сталинградалъул рагъулъ, 5000-гӏанасев дагъистанияв ракьулъ лъунин абурал баянал руго. Гьениб гьезие памятникги лъуна чанго соналъ цебе», — ян бицана Хӏ. Гӏумаровас.\nЦӏарал щвечӏел Бахӏарзал\nРехсараб гӏуцӏиялъ цӏех-рех гьабулеб буго Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб цӏаралъе рихьизарун рукӏарал, амма гьеб щвечӏел чагӏазда сверухъги. Дагъистаналдаса гьединав 50-ниги чи лъалев вуго гьезда. Хӏайбула Гӏумаровас бицана ротаялъул командирлъун вукӏарав жиндир гӏагарав чиги вугила гьезда гьоркьов. Запорожская областалда вукъун рагӏула гьев тӏолабго ротагун цадахъ. Гьениб гьесул цӏар лъураб къватӏги бугила. Амма эмен гӏараб цӏаларав чи вукӏиналъищали, кьун гьечӏо гьесие гьеб цӏар.\nСовет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏаралъе вихьизавун вукӏаниги, Хасавюрт районалъул Гӏусманюрт росулъа Иляс Арслангереевасе хун хадуб кьун буго Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орден. Панфиловцазул гьунар такрар гьабурав гӏорхъаби цӏунулев 18 рагъухъанасул цояв кколаан гьев. Гьезул 18 жаназаялда аскӏоб батун буго фашистазул 83 жаназаги.\nКамил-къади Гӏалиевасул цӏарги рехсана Гӏумаровас. Сербиялъулгун Босниялъул гӏорхъода вукъун вуго гьев. Амма Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏаралъул бакӏалда гьесие кьун буго Багӏараб Байрахъалъул Орден.\nХӏайбула Гӏумаровасул рагӏабазда рекъон, Совет Союзалъул Бахӏарчи Зулнукъар Гӏабдурахӏмановги гьеб бакӏалдаса гӏебеде вуго вукъун, амма гьениб гьечӏо я зани, яги гьесул цӏар хъвараб хъарщи. Гьесиеги лъагӏалидасан (1946 соналда) гурони кьун гьечӏо гьеб тӏадегӏанаб цӏар.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "17346-kidanigi-khilipl-ichio-giagarab-rakal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17346-kidanigi-khilipl-ichio-giagarab-rakal-e", "title": "Киданиги хилиплъичӏо гӏагараб ракьалъе", "date": "2022-04-28 09:55:29", "categories": ["kultur"], "text": "20 апрелалда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Фазу Гӏалиевалъул творчествоялъул хаслъи» абураб дандеруссин. Гьеб гӏуцӏун букӏана шагӏиралъул 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда.\nДандеруссиналда гӏахьаллъана библиотекаялъул директор Гӏали Гӏалиев, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов, Фазу Гӏалиевалъул вас, «Лезгинка» ансамблялъул генералияв директор Жамбулат Мухӏамадов, респу бликаялъул вузазул гӏалимзабигун студентал, рахьдал мацӏазул учи тельзаби ва библиотекаялъул хӏалтӏухъаби. Данделъи нухда бачана краеведениялъулгун миллияб адабияталъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртазагӏалиевалъги культуриял программабазул отделалъул нухмалъулей Ольга Гӏалиевалъги.\nДандеруссин рагьулаго, Гӏали Гӏалиевас бицана магӏарул ва Дагъистаналъул, гьединго Россиялъулго адабияталда кӏудияб лъалкӏ тарай шагӏиралъул гьунарги гӏумруги машгьурлъизабиялъул мурадалда библиотекаялъ гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ. «Фазу Гӏалиевалъул 90 сон тӏубаялде библиотекаялда хӏадурун руго батӏи-батӏиял тадбиралги тӏахьазул выставкабиги. Дунялалъулго адабияталда кӏудияб бутӏа лъурай шагӏиралъул хӏакъалъулъ бицунел тадбирал гъираялда къабул гьарула цӏалдолез ва жигаралда гӏахьаллъиги гьабула гьезулъ», — ан абуна гьес.\nЖамбулат Мухӏамадовас баркала кьуна библиотекаялъул хӏалтӏухъабазе гьезул хӏаракаталъухъ ва бицана гьенир гӏуцӏарал тадбираздасан гӏемер цӏиял хӏужаби загьирлъулел ругин абун.\nХъвадарухъабазул союзалъ тӏоритӏизе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас ракӏалде щвезабуна Фазу Гӏалиевалъул яхӏ-намус, къвакӏи, гӏакъиллъигун гӏаданлъи гъорлъ бессараб гӏадатлъи ва ватӏаналде рокьи.\nХъвадарухъабазул союзалъ тӏоритӏизе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас ракӏалде щвезабуна Фазу Гӏалиевалъул яхӏ-намус, къвакӏи, гӏакъиллъигун гӏаданлъи гъорлъ бессараб гӏадатлъи ва ватӏаналде рокьи.\nДагъистаналъул халкъияй шагӏир Космина Исрапиловалъ дандеккуна руччаби-шагӏирзабазул къисматал: Ругъжаса Гӏанхил Маринилги, Къуркълиса Шазалги, Ногъаялдаса Кадрия Темирбулатовалъулги ва Фазу Гӏалиевалъулги.\nРАНалъул ДФИЦалъул ИЯЛИялда бугеб Квералъ хъварал асаразул фондалъул нухмалъулей Мариза Мухӏамадова гӏемерал соназ йикӏана Фазу Гӏалиевалъул кумекчӏужулъун. Гьелъ бицана шагӏиралъул хасияталъулги гьелъул ракӏалъе захӏматаб асар гьабурал лъугьа-бахъиназулги хӏакъалъулъ. «Кӏудияй шагӏиралъул ракӏ лъукъулаан рагъ, питна багъарун бугин рагӏараб мехалда. Гӏагараб ро- сулъги, республикаялдаги, нилъер кӏудияб улкаялдаги ва тӏолабго ду- нялалдаги ккарал ишал рекӏелъан риччалаан гьелъ. Гьелъие аслияб гӏиллаги буго ватӏан бокьи. «Киб кьвагьи бахъаниги, гулла речӏчӏула эбелалъул каранда», — ян хъвана шагӏиралъ. Ватӏанги эбелги – гьезде бугеб рокьи загьирлъула щибаб асаралъулъги», — ян бицана М. Мухӏамадовалъ, гьеб пикру тас- дикъ гьабулел кочӏол мухъалги рехсолаго.\n«Фазу Гӏалиева щвана дунялалъ- ул гӏемерал улкабазде – Индиялде, Малайзиялде, СШАялде, Бразили- ялде, Европаялъул пачалихъазде. Гьей йикӏана гьудуллъи-вацлъи- ялъул ва ритӏухълъи цӏуниялъул вакиллъун. Амма кие щваниги, щалгун дандчӏваниги, гьей киданиги хилиплъичӏо гӏагараб ракьалъе, кийго йикӏана унго-унгояй магӏарулайлъун», — ан бицана «Магӏарулай» журналалъул редактор, педагогиял гӏелмабазул кандидат Баху Мухӏидиновалъ.\nДагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, «Гьудуллъи» журналалъул кӏиабилей редактор, шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ бицана Фазу Гӏалиевалъул хӏалтӏуде, жинца хъвалеб асаралде букӏараб жавабияб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъ ракӏалде щвезабуна, «Анцӏила микьабилеб их» абураб поэма хъвалаго, шагӏиралъ гьабураб хӏаракат: Фазу ана поэмаялъул аслияв багьадур, Совет Союзалъул Бахӏарчи Ахӏмад Гӏабдулмажидовасул эбелалъухъе, дандчӏвана гьесул гӏагарлъигун, щвана бахӏарчиясул хабаде, гьев къадаралде щвараб Николаев шагьаралде. «Васги хун хутӏарай эбелалъул рухӏел жиндирго рекӏелъанги биччан хъвана Ф. Гӏалиевалъ поэма. Гьеб букӏана Фазуе бищунго бокьулеб асарги», — ян бицана Т. Зургьаловалъ.\nДандеруссиналъул ахиралда Каспийскиялъул «Школа №15» абураб лъай кьеялъул централъул педагог-библиотекарь Сейранат Гӏабдулаевалъ цӏалана «Анцӏила микьабилеб их» абураб поэмаялдаса кесек."}
{"slug": "17349-techieb-khialtii-tiechieb-gudull-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17349-techieb-khialtii-tiechieb-gudull-i", "title": "Течӏеб хӏалтӏи, тӏечӏеб гьудуллъи", "date": "2022-04-28 09:58:50", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гӏумруялъул 80 сон бугониги, сундулъго хӏалхьи лъаларев хӏалтӏухъан, заман хисаниги, хиси гьечӏев жамгӏияв хӏаракатчи Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъа Камил Хӏадисов гӏемерал соназ хӏалтӏана гӏагараб росдал колхозалъул зоотехниклъун, гьелъул председательлъун. Вукӏана Аргъвани росдал колхозалъул председательлъунги, хӏалтӏана районалъул батӏи-батӏиял идарабаздаги. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго 11 чиясул цӏцӏаниги цолъизарун гӏуцӏараб «Труженик» КФХялъул нухмалъулевлъун. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ щварав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Камил, Чӏиркъатӏа буго ахихъанлъиялъул рахъалъ кибго цӏар араб росу. Амма дуца тӏаса бищун буго гӏи-боцӏухъанлъиялда хурха раб зоотехникасул хӏалтӏи. Щиб гӏиллаялдалъун гьеб ккараб?\n— Гьитӏинго эбелги хун росулъ дун вукӏана кӏудияй эбелалда аскӏов. Киназего гӏадин, диеги кутакалда бокьулаан гъветӏ-херги. Цӏали тӏаса бищулаго дица документал кьун рукӏана росдал магӏишаталъул ин- ституталъул агрономияб факульте- талде. Гьелги жанире кьун, чанго экзаменги кьун вукӏарав дихъе бачӏана гьеб факультеталде цӏакъго кӏудияб конкурс кколеб бугин, гьединлъидал мунги жидеца зоотехникияб факультеталде восулев вугин абураб баян кьураб кагъат. Гьеб заманалда зоотехника щиб жо кколебалицин лъалароан дида, амма тӏубараб лъагӏел гьоркьоб хутӏизе бокьичӏого, дун разилъана. Гьедин ккана дир зоотехниклъун вахъи, вахъиналдаса кутакалда вохичӏониги, пашманлъизеги пашманлъичӏо.\n— Нужер магӏишаталъул аслияб хӏалтӏи кколеб буго цӏцӏани хьихьи. Хас гьабун гьездехун нуж руссин кин ккараб?\n— Кьурабазда рахъун ратарал суратазда ва цоги баяназда рекъон, нижер мухъалда цӏцӏани хьихьизе гӏадамаз байбихьун буго чанго нусго соналъ цебеккунго, некӏсияб заманалдаго. Абизе бегьула нижееги щванин гьезул ирс абун. Гьелъие аслияб гӏиллалъунги ккола нижер гӏемерисеб ракь гӏемер лъикӏ хер бижулареб, кьураби-ганчӏал гӏемераб, цоги боцӏи берцинаб куцалда хьи- хьизе рес кколареб букӏин. Гӏияе хӏажалъула хъутаби, кӏалцӏи-хер, гьел хьихьун бажаруларо лъора, цӏцӏани хӏебтӏула чӏегӏерзаз кванан- цин.\n— Хасалониги кӏалцӏи-хер кьечӏого тӏуралищ гьел?\n— Къинлъулеб мехалда (мартапрель моцӏал) дагьа-макъаб кьун гурого цоги заманалда гьеб бицине гӏураб хӏажалъуларо.\n— Нужеца гьел речӏчӏулищ ялъуни гьанаейищ хьихьулел?\n— Цо заманалда нижер рукӏана Гьоркьохъеб Азиялдасаги росун, нилъералгун журазеги гьарун хьихьулел хасаб тайпаялъул цӏцӏани. Гьездаса бахъулаан пух, амма батӏибатӏиял унтаби раккун, гьава-бакъ рекъоларого букӏун гьел холаан, зазица кквеялъги кьолаан гьезие гӏакъуба. Гьединлъидал тезе ккана гьезулгун хӏалтӏи гьаби. Речӏчӏулел цӏцӏаназеги къваригӏуна лъикӏал шартӏал, гьелде тӏаде гьел речӏчӏизе ва цоги хӏажатаб хӏалтӏи гьабизе гӏадамал щвейги гьаб заманалда буго захӏматаб масъала. Церехун нижер гьанир речӏчӏулаан цӏцӏани, гьанже тезе ккана гьеб рахъги. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, нижеца гьел хьихьула цохӏо гьанае. Нижеца ричула чӏагоял цӏцӏаниги (2-3 сон барал, гӏага-шагарго 10 азарго гъурщиде), бичула гьезул гьанги (кило 400 гъурщиде). Я гьан, я цӏцӏани ричизеги гьабсагӏаталда кинабгӏаги къварилъи гьечӏо, гьезул буго цӏикӏкӏараб тӏалаб, ниж кирениги ине кколаро, гӏадамаз кинабго босун уна лъореги рачӏун.\n— Пачалихъалъул рахъалдасан нужее щолеб кумек гӏемер букӏунищ, къарзалъе гӏарац босизе хӏажалъи кканищ?\n— Рукӏуна гӏи-цӏцӏани хьихьулезе квербакъиялъе, гьеб магӏишат цебетӏеялъе кьолел дотациял. Цо заманалда бетӏер рикӏкӏун (щибаб эбелаб цӏцӏе) лъагӏалие кьолаан 100 гъурущ, цинги гьеб ккана 50 гъурщиде. Букӏана сон 200-ялде бахарабги, исана кьезе буго 165 гъурущ. Тӏокӏаб гьечӏо щолеб ва щвараб кумек. Къарзалъе гӏарац киданиги босичӏо, босизе ракӏалдаги гьечӏо.\n— Цӏцӏани хьихьиялда цадахъ нужер магӏишаталъул буго пихъил (микьир, ахбазан) ахалъул кӏиго гектарги. Нужер шартӏазда пихъ гӏезабийищ цебе кколеб, цӏцӏани хьихьийищ?\n— Дагьабниги ракь лъикӏаб, лъел ресал ругеб бакӏалда рукӏуна ахал, расги гуреб бакӏалда хьихьула цӏцӏани. Букӏуна батӏа-батӏайисаги. Масала, цо сон цогидалда рекъараб кколаро. Гьоркьохъеб хӏисабалда босун, пихъ гӏезаби гӏемерго бигьаяб буго, гьениса щолеб пайдаги дагьаб цӏикӏкӏараб батила. Амма кидаго гуро гьедин кколеб. Мисалалъе, гъоркьиса букӏинчӏо пихъ, гьеб тӏубанго хвана. Унтаби цӏцӏаназул гӏемер рукӏунаро, амма цӏадал гӏемер ралеб заманалда гӏезегӏан ккола гьел иххаз рачун иналъул хӏужаби, камуларо бацӏазул балагьги. Гьеб заралги пачалихъалъ бецӏуларо.\n— Дур буго 80 сон, захӏмалъулеб гьечӏищ хӏалтӏи?\n— Гьеб суалалда сверухъ васасулги дирги букӏуна питна. Гьес кидаго абула щай дуе гьеб иш, тейин абун. Тадбир ва хъвай-хъвагӏай гьаби, гӏуцӏиялъул хӏалтӏи бачин, отчетал кьей (гьелги сон анагӏан цӏикӏкӏунел руго) – щиб захӏмалъиха батӏаго гьеб киналъулго букӏинеб. Амма исана ЦСУялъул цо хӏалтӏухъанас хӏинкъизавуна, пуланаб отчет жидер заманалда кьечӏони, чамалиго азарго гъурщил гӏакӏа тӏад лъолинги абун. Гъурщил пайда букӏунинги абун, туменалъул заралги ккезе бегьулелъул, кин бугониги, тӏадеялъул телин ккола дица гьаб иш.\n— Дуца тани гьеб иш тӏаде босулел гӏолохъаби ругищ?\n— Гӏолохъабаз гьабуларо гьаб хӏалтӏи. Гьезие рихараб буго росдал магӏишатги, гьаб хъвай-хъвагӏайги. Гьез тӏаса бищулеб буго бигьаяб, цӏикӏкӏун гӏетӏ тӏезе кколареб, бацӏцӏадаб хӏалтӏи.\n— Пенсия гӏемер бугищ дуе?\n— Дун гӏадал гӏадамазда дандеккун дие букӏана цӏакъ дагьаб пенсия, щолаан 17 азарго гъурущ. Исана соналъул март моцӏалдаса хадуб гьеб бахана 25 азаргоялде.\n— Дида бичӏчӏана «Хӏакъикъат» газеталъулгун дур цебегосеб ва лъикӏаб гьудуллъи букӏинги…\n— Райкомпартиялъул инструкторлъун вукӏарав дунги, районалъул газеталъул хӏалтӏухъан Гӏабас Шейховги 1970 соналда райкомпартиялъ тасдикъ гьаруна «Багӏараб байрахъ» газеталъул районалда ругел хӏалтӏухъаби хӏисабалда. Доб мехалъ газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун вукӏарав Хочо Хӏамзатовас нижехъеги вачӏун дие кьураб Хӏурматияб грамотаги буго. Гьелдаса нахъе газеталъулгун байбихьараб гьудуллъи киданиги течӏо. Жакъаги «Хӏакъикъат» хъванги буго, цо щибго гьоркьоб биччачӏого цӏализеги цӏалула.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "17351-barakatal-rakiaruleb-zaman", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17351-barakatal-rakiaruleb-zaman", "title": "Баракатал ракӏарулеб заман", "date": "2022-04-28 10:14:00", "categories": ["history"], "text": "Щибаб жоялъулъ лъикӏабги квешабги кида-къадги лъугӏулеб гӏадат буго. Хасго хехго ахиралде щун ратула бищунго лъикӏал, талихӏал лахӏзатал. Гьале рамазан моцӏалъул талихӏал лахӏзаталги, гӏагарлъигун, гьудул-гьалмагъзабигун цадахъ рохалида тӏамулел ифтаралги, сухӏуралги, таравихӏалги ахиралде щвана. Щивав бусурбанчияс жиндирго яхӏалда рекъон хӏаракат бахъана Аллагьасда цере лъикӏал гӏамалал гьаризеги, гӏадамазда гьоркьоб гьуинлъи цӏунизеги. Лъикӏал ишал гьарияздалъун, садакъаби кьеялдалъун, мажгиталда игӏтикафалда сардал рорчӏиялдалъун гьаб хирияб моцӏалдаса жидеего цӏикӏкӏун пайда босизе хӏаракат бахъана гӏемерисез. Тӏаде щвана азарго моцӏалдаса лъикӏаблъун рикӏкӏунеб Лайлатул къадр сордо жаниб бахчарал рамазаналъул ахирисел къоялги.\nАбу Гьурайратидасан бачӏараб хӏадисалда Мухӏаммад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Рамазан моцӏалъ, Аллагь тӏаса лъугьинин абураб хьулгун, кӏал ккурав чиясул церехун рукӏарал киналниги мунагьал чуризе руго. Аллагь тӏаса лъугьинин ва кири щвелин хьулгун Лайлатул къадриялъул сордо тӏагӏаталда борчӏарав чиясулги киналго церехун рукӏарал мунагьал чурула», — ян.\nГӏайшатица аварагасда (гӏ.с.в.) гьикъун буго: «Я Аллагьасул Расул, Лайлатул къадриялъул сордо тӏаде щвани, щиб дица абизе лъикӏаб бугеб?» — ян. Аварагас (с.гӏ.в.) жаваб кьун буго: «Я Аллагь! Хӏакълъунго, Мун тӏаса лъугьунев вуго, Дуе бокьула тӏаса лъугьине, тӏаса лъугьа дидаса», — ян абейилан.\nЩайха Лайлатул къадр балъго гьабун бугеб Аллагьас? Диниял тӏахьазда хъвалеб буго: «Тӏадегӏанав Аллагьас балъголъилъун гьабун буго рузман къоялъ дугӏа къабул гьабулеб лахӏзатги Лайлатул къадрги, нилъеца гьеб заманалда дугӏа ва лъикӏал гӏамалал гьаризе цӏикӏкӏун хӏаракат бахъиледухъ», — ан.\nКӏал хвезабурасда гӏакӏа\nРамазан моцӏалъул баракаталдаса кколеб къагӏидаялъ пайда босун киназухъаго бажаризе рес гьечӏо. Сахлъиялъул рахъалъ захӏмалъаби гьечӏев чияс кӏал ккола, рес рекъарас садакъаби гьарула. Амма багьанаби ратун кӏал кквечӏев чиясе гьеб бецӏизе ва мунагьал чуризе рес кьун буго Аллагьас.\nКъуръаналда буго: «Я, иман лъурал гӏадамал, нужее кӏал кквей паризаяблъун гьабуна, нужеда цере рукӏарал умматазе паризаяблъун гьабураб гӏадин, гьелъ черхалъул хьул бекизе гьабулелъул, гьелдалъун нуж гӏасилъабигун мунагьал гьариялдаса цӏунизе».\nХадубги Аллагьас, кӏал кколезе бигьалъи гьабун, абуна: «Нужее кӏал кквезе рихьизарурал къоял руго. Унтарал яги сапаралда ругел гӏадамазе кӏал кквечӏого тезе ихтияр буго. Гьезда тӏадаб буго, риччарал къоял рецӏун, гьезул бакӏалда цогидал къояз кӏал кквезе. Цӏакъго херлъун яги сахлъиялде хьул гьечӏеб хӏалалъ унтун рукӏун, кӏал кквезе кӏоларел чагӏазда тӏадаб буго мискинал чагӏи кваназаризе гӏакӏа кьезе. Кӏал биччараб къо рикӏкӏун кьезе тӏадаб буго гьеб. Жинца гӏумру гьабун ругеб бакӏалда гӏемерисеб мехалда кваналеб жоялдаса кьезеги ккола гӏакӏа. Кьезе кколеб къадаралдаса цӏикӏкӏун кьуни, гьеб гьесие лъикӏаб буго» («Бакъарат» сураталъул тафсиразул таржама, 183, 184 аятал).\nКинабгӏаги гӏузруги багьанаги гьечӏого рамазаналъ кӏал хвезабурав чияс гьеб бецӏизе ва гӏакӏа кьезе ккола.\nКӏал биччаялъул закат\nКӏал биччаялъул закагӏат ккола черхалдасан бахъулеблъун. Боцӏудаса бахъулеб закагӏаталъ гьелда гъорлъе ккараб хъублъиялдаса гьеб бацӏцӏад гьабулеб гӏадин, кӏал биччаялъул закагӏаталъ инсанасул напс бацӏцӏад гьабулин абула.\nКӏал биччаялъул закагӏат тӏалъула гӏидалъул сордоялъул авал тӏаде щвеялдалъун, ай рамазан моцӏалъул ахирисеб къоялъул бакъ тӏерхьиналдалъун. Гьеб къоялъ бакъ тӏерхьунеб лахӏзаталда чӏаго дунялалда вугев, сордо-къоялъ жиндиего ва жинца напакъа кьезе кколезе бугеб кванидаса гьеб тӏокӏлъулев бусурбанчиясда закагӏат бахъизе тӏалъула.\nРамазаналъ чӏагоги вукӏун, ахирисеб къоялъул бакъ тӏерхьиналде хвани, гьев чиясда сахӏ тӏалъуларо. Тӏерхьун хадув хвани — тӏалъула. Гьединго тӏалъула бакъ тӏерхьиналде гьабураб лъимадаги, тӏерхьун хадуб гьабуни — тӏалъуларо. Хӏанафил мазгьабалда рекъон, гӏарцудалъун бахъулеб бугони, тӏадаб гӏуж щола гӏидалъул къоялъул рогьел баккаралдаса.\nКӏал биччаялъул закагӏат бахъизе суннатаб ва бищун хирияб буго кӏалбиччан къоялъул радал, гӏидалъул как балелде. Гӏидалъул какдаса хадуб закат бахъизе карагьатаб буго. Гӏидалъул къоялъул бакъ тӏерхьинегӏан, гӏузруги гьечӏого, нахъ бахъизе хӏарамаб буго.\nСахӏ бахъиялъул тӏалабал\nДагъистаналда, аслияб къагӏидаялъ, ролъул сахӏ бахъулелъул, ният гьадин гьабила:\n«Дица ният гьабуна (дидасанго яги дун вакил гьавурав пуланасдасан) кӏал биччаялъул Гӏидалъул паризаяб сахӏ бахъизе Тӏадегӏанав Аллагьасе.\nВакил гьавулеб къагӏида: «Дица мун вакил гьавуна дидасаго кӏал биччаялъул гӏидалъул паризаяб сахӏ бахъизе» — ян цояс абила. «Дица къабул гьабуна», — ян цогидас абила.\nГӏарац кьолеб бугони, имам Хӏанафил мазгьабалда нахърилълъун ният гьабила: «Дица ният гьабуна (дидасанго яги дун вакил гьавурав пуланасдаса) кӏал биччаялъул гӏидалъул паризаяб сахӏил къимат кьезе Абу Хӏанафил мазгьабалда нахъвилълъун Тӏадегӏанав Аллагьасе».\nВакил гьавулеб къагӏида: «Дица мун вакил гьавуна дидасанго кӏал биччаялъул гӏидалъул паризаяб сахӏил къимат кьезе», — ян цояс абила. «Дица къабул гьабуна», — ян цогидас абила.\nРоссиялъул ДУМалъул гӏалимзабазул советалъ 2022 соналда кӏалбиччаялъул закагӏат-сахӏалъул багьа чӏезабун буго. Ресукъаз сахӏалъул бакӏалда — 150 гъурущ, гьоркьохъеб магӏишаталъул гӏадамаз – 500 гъурущ, бечедаз – 800 гъурущ яги цӏикӏкӏун гӏарац кьезе бегьулин абулеб буго ДУМалъул хитӏабалда. 150 гъурущ — киназдаго тӏадаб закагӏат буго, 500 ва 800 гъурущин абуни — лъикӏаблъун бихьизабула.\nАварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Рамазаналъ ккураб кӏал зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб далун чӏезабун букӏуна, гьеб гьениса тӏаде борхуларо кӏалбиччаялъул сахӏ бахъиялдалъун гурого», — ян (Абу Хӏафис).\nКӏал кквей ва кӏалбиччаялъул сахӏ тӏадаблъун гьабуна гьижрияб тарихалъул кӏиабилеб соналъ. Гьеб тӏад гьабиялъул хӏикматги напс бацӏцӏалъи ва лъикӏаб гӏамал гьаби буго. Рамазан моцӏалъул кӏалазул ккараб жагъаллъи бацӏцӏинелъун бахъула закагӏат-сахӏги.\nХӏадур гьабуна П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВАЛЪ"}
{"slug": "17371-shamil-imamasul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17371-shamil-imamasul-kag-tal", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2022-04-29 07:53:03", "categories": ["rel"], "text": "Шамил имамасул кагътал\nШамил имамас Чӏохъа Гӏинкъав Хӏажихъе хъвараб кагьат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Гӏинкъав Хӏажихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дихъе дой Мирзал Мухӏамадил яс Гӏашура ячӏун йикӏана жиндаго кодоб бугеб байтулмалалъул хуралда тӏасан гӏарзалъ. Дица дуда абулеб буго дуца гьеб хур гьелда кодоб теян ва нилъеца сангарал гьариялдалъун хвезарун рукӏарал, нилъер вацал чӏахъадерил хурзалги рукъзалги рецӏеян байтулмалалъул рукъзабаздалъунги ракьаздалъунги. Доб Микагӏилил гохӏда букӏа ялъуни Гӏали Маматил гохӏда букӏа, яги цоги бакӏалда букӏа. Дуца гьел гьезие хисун кье. Хӏакълъунго Бетӏергьан Аллагьасул букӏуна щибаб цебе араб жоялда хадуб бачӏунеб жоги, тӏаса араб жоялъе хисиги букӏуна.\nГьалдалъун тана.\nВассалам.\nТалат къо, 1266 соналъул 17 ражаб / 1850 соналъул 28 май.\nГьединго дов нилъер вацасе байтулмалалъул хурзал кье, ужра-мухьги босичӏого.\nШамил имамас Хайдакъ-Табасараналъул агьлуялъухъе хъвараб кагъат\nДунялалъул рокъоб Жиндир гурхӏел-рахӏмат бусурбанасеги капурасеги гӏаммав, ахираталда Жиндир гурхӏел бусурбанасе хасав Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. Кинабниги рецц Аллагьасе буго Жиндир нухда гъазаваталде рахъарал, рахъинчӏого рокъор чӏараздаса, хира гьарурав. Аллагьасул свалатгун салам лъеги цере аразулги хадур рачӏунезулги сайидлъун вугев Мухӏамадида ва жидеца капурзабазде гьабулеб гъазаваталъулъ цӏакъ бахъи гьабурал гьесул агьлуялдаги асхӏабзабаздаги лъеги.\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан киналниги къадизаби, гӏалимзаби, бутӏрул, тӏолабго Хайдакъ-Табасараналъул вилаяталъул агьлуялде. Хасго, Аллагьасул цӏар тӏадегӏан гьабулаго, Гьесул тушбабигун рагъизе къвал гурарал гӏолохъабазде буго салам. Аллагьасул саламал лъеги нужеда, Аллагьас кидаго нужее квербакъи гьабеги, Аллагьас нужер гӏамалалги къабул гьареги, нужее лъикӏалъе кверги бакъаги, квешлъабаздаса цӏунунги таги.\nЦинги. Тӏоцебесеб мурад буго нуж Аллагьасул цӏуниялда гъоркь рати. Хадубги нужеда лъай, дир вацал, нужер берцинал харбалги берцинал тӏабигӏаталги дида даим рагӏулел рукӏин ва къо бахъанагӏан гьел цӏикӏкӏунел руго. Гьанжелъизегӏан рагӏизе бокьулареб, цониги квешаб хабарги нужер рахъалдасан дихъе щвечӏо. Аллагьасул тушбабигун рагъизе кумек гьабеян абураб нужер ахӏи бай цӏикӏкӏиндал ва нужер рахъалдаса тӏатун рачӏунелниги балъго рачӏунелниги чапарзабиги рисалаталги гьоркьоса къотӏичӏого дихъе щведал, дун нужеда божана. Дида бичӏчӏана нуж вацлъиялъеги гьудуллъиялъеги рацӏцӏадал, ихласалда ругел чагӏи рукӏин. Гьединго бичӏчӏана нижер рахъалдасан боял къватӏире рахъиналъухъ нуж ралагьун чӏун рукӏинги. Гьединго тӏолабго Дагъистаналъул ракьалда лъала нуж церегоялдаса нахъе жигьадалъул агьлу рукӏин ва гъиратяхӏалъулги бахӏарчилъиялъулги рахъалъ машгьурал рукӏин. Гьединлъидал дица нужехъе витӏулев вуго нижер вац, нижеца мугьчӏвайги гьабулев, нижеца бербалагьиги гьабулев, нижецаги рикӏкӏунев, халкъалдаго машгьурав гӏалим, къвакӏарав бахӏарчи, Гӏахъушдерил къади Мухӏамадил вас Абакар-хӏажи. Киналниги нужер вилаятазул агьлуялда тӏад наиблъун витӏулев вуго гьев. Гьеб рахъалда гьабулебщинаб жо жинда берцин бихьараб къагӏидаялъ гьабизе ихтиярги буго гьесул. Щайгурелъул гьаб заманалъул гӏадамазда гьоркьов маслихӏатаб жо лъикӏ бихьулев гьев вукӏиналъ ва гьесулъ гӏелмуги, Аллагьасул диналдехун бугеб гъиратги, гьабулеб ишалъе тадбирги данделъун букӏиналъ. Нуж гьесие мутӏигӏлъе, гьесул амруялда нахъги рилълъа, гьес теян абурабги те, гьесиеги хилиплъуге, гьесда дандеги рахъунге. Щайгурелъул гьесие мутӏигӏлъарав — дие мутӏигӏлъарав вуго, гьесде гӏасилъарав, гьесухъ гӏенеккичӏев — диде гӏасилъарав, дихъ гӏенеккичӏев чи вуго. Нужеца Аллагьасул тушбабигун гьабулеб рагъуе гъуждулги гуре, гьанжелъизегӏан гьабулеб букӏаралдасаги цӏикӏкӏун паризаял гӏамалазда тӏадчӏейги гьабе, гьаругеян абурал квешал жалаздаса цӏуна-къайги гьабе. Хадубги, Аллагьасул нухда гьабулеб гъазаваталъул захӏмалъаби рикӏкӏун хӏалкӏвеларо. Тӏадегӏанав Аллагьас абулеб буго: «Нужеца Аллагьасул нухда рагъулаго чӏваразда хварал чагӏиян абуге. Хӏакъикъаталдаги гьел чӏаго руго, кинниги нужеда гьеб бичӏчӏуларо». Гьелъул тӏокӏлъи-хиралъи бицун рачӏарал хӏадисалгун аятал нужедаги лъала, гьел рехсон, хабар халат гьабиялъул хӏажалъи гьечӏо. Гьединго Тӏадегӏанав Аллагьас абулеб буго: «Жиндир нухда вагъулесе Аллагьас квер бакъичӏого тезего теларо», — ян.\nГьалдалъун тана. Вассалам.\nГьаб кагъат хъвана шамат къоялъ, 1266 соналъул ражаб моцӏалъул 21 къоялъ / 1850 соналъул 1 июнь.\nШамил имамас Кӏудияв Мухӏамадихъе хъвараб кагьат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Кӏудияв Мухӏамадихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Мун гӏенекке гьаб кагьат босун вачӏарас бицунеб жоялъухъ ва доб нилъеда лъалеб росулъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъикъат баян гьабе. Хӏалкӏвараб жигар бахъе байтулмалалда хурхарал рукӏа, гьединго дора жанир лъугьунел мункарал, рекъечӏел, ай шаргӏалда дандекколарел ишал рукӏа тӏагӏинаризе. Хасго байтулмалалъул ишги къадиясул суалги дуца кӏвар гьабичӏого тоге. Дида рагӏана гьеб росу къабихӏал ишаз цӏун бугин абун, гьеб киналъулго мунагь, тӏоцебесеб иргаялда, дуде ва хадуб нижеда тӏаде ккола.\nВассалам. Шаматкъо, 1266 соналъул 15 шаввал / 1850 соналъул 23 август.\nШамил имамас наибзабазде, нусил бутӏрузде, мугьажирзабазде хъвараб кагьат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан киналниги вилаятазул наибзабазде, нусил бутӏрузде, тӏолалго мугьажирзабазде ахир заманалде щвезегӏан, къиямасеб къо чӏезегӏан Аллагьасул саламал лъеги нужеда.\nЦинги. Шаргӏалъ гӏадилаллъун чӏезе гьарурал чагӏазул нугӏлъиялдалъун, дие якъинлъана Гъумекиса, Кудалиса Будал Мухӏамадил вас Гӏабдурахӏманил вас Хочол вас Мухӏамадил (тӏокӏцӏар Магӏлисев) вас Гӏабдурахӏимил васал Мухӏамадги Ахӏмадги Маккаялдаса аслу жидер бугел къурайшияллъунги сайидзабилъунги кколел рукӏин. Нужеца гьев кӏиявго жидее кколеб хумусалъул бутӏаялдаса нахъ чӏваге. Нужеца гьев кӏиясулго ва гьезул лъималазул кидаго адабхӏурматги гьабе. Гьев кӏиявго ккола тӏасарищарал, лъикӏал чагӏаздаса, гьединго гъваридаб гӏелмуялъул гӏалимзабиги руго гьел. Нилъер вилаяталда, нилъер кверщаликь ругел ракьазда гьездаса гӏадилал ва варагӏ бугел чагӏи гьечӏо. Дида киданиги гьездаса квешаб, рекъечӏеб, карагьатаб, гьединго шаргӏалда дандекколареб жоги бихьичӏо. Дица гьезухъе гьаб васикъа (документ) кьолеб буго; гьитӏинасеги, кӏудиясеги, тӏадегӏанасеги, гӏодовегӏанасеги, бихьинасеги, цӏуялъеги — киналниги ахир заманалъул гӏадамазе ракӏалдещвейлъунги васиятлъунги букӏине.\nГьалдалъун тана. Вассалам.\n1266 соналъул Аллагьасул баракатаб моцӏ шагӏбан /1850 соналъул июль.\nАхтиялдаса Мухӏамаднабица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат\nГьал мухъал хъвалев пакъирав лагъ Мухӏамад-набил рахъалдасан муъминзабазул амир, гъазизабазул таж, Тӏадегӏанав Бетӏергьанас щула гьавеяв ва квербакъаяв Шамил имамасде. Ассаламу гӏалайкум. Амин.\nЦинги. Дов жанив тӏамун вукӏарав, гӏадамал гуккулев, баракат бахъарав мунапикъ-шигӏияв, жидеца гьесул жаваб кьелии абун, къотӏиги гьабун, дуца гьесул Ахтиялдаса гӏагарлъиялъухъе кьеян амруги гьабун вукӏарав, лъутун рагӏула. Дида рагӏун букӏана гьев Цӏоралда муташайихлъи гьабулев вукӏанин ва гьаб заманалъул жал супизабиян чӏарал чагӏиги гьес гуккулел рукӏанилан. Гьединго гьез гьев кӏодо гьавун вукӏанин, хӏатта гьесда ран рукӏарал гудралги гьез рахъун рукӏанин. Дица дуде суал борхун букӏана гьев чиясул гӏагарлъиялъ гьесул ургъел гьабулеб гьечӏилан. Дуда гьеб ракӏалда батила. Хадуб дуца Гӏабдулпатахӏида амру гьабун букӏана, дов Муртазагӏалидасан байбихьун, гьесул гӏагарлъиялда къвакӏун кӏалъаян. Гьанже абуни, гьез гьев къад заманалъ виччан тун вуго. Гьединал тӏаса-масагоял ишазда хурхун гьабизе рекъараб жо дудаго лъикӏ лъала, мунго валагьун вихье. Гьев чи сабаблъун нижер гӏемерал харжал ккана. Гьаб заманалъул гӏажаиблъи гурищ жиндие бокьараб жо бицун бокьарав чи кӏалъалев? Пайда щибха, цо щив вугониги дунгун цадахъ дуда дандчӏвани, дов мунапикъасул «лъикӏлъаби» дуда рицине, дуца гьелда цӏакъ гӏажаиблъи гьабилаан. Гьав, жив шайих вугилан гӏадамал гуккулев чияс гьел рачун руго гӏалимзабазда данде рахъиналъул игӏтикъадалде, алжанги динги жидеда хурхараб, жидеда бараб жо бугин абулеб рекӏелчӏеялде. Нилъеца додинал ишал гьаризе гьел гьукъулел гьечӏо ва гьел сабаблъун нилъер боцӏи-малги гӏадада холеб буго. Ахтиялда ругел нилъер хӏасадчагӏиги нилъеда тӏад релъанхъулел руго. Хутӏараб жо дуда гьаб кагъат кьолес бицина.\nШамил имамас Чӏохъа Гӏинкъав Хӏажихъе хъвараб кагьат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Гӏинкъав Хӏажихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дихъе дой Мирзал Мухӏамадил яс Гӏашура ячӏун йикӏана жиндаго кодоб бугеб байтулмалалъул хуралда тӏасан гӏарзалъ. Дица дуда абулеб буго дуца гьеб хур гьелда кодоб теян ва нилъеца сангарал гьариялдалъун хвезарун рукӏарал, нилъер вацал чӏахъадерил хурзалги рукъзалги рецӏеян байтулмалалъул рукъзабаздалъунги ракьаздалъунги. Доб Микагӏилил гохӏда букӏа ялъуни Гӏали Маматил гохӏда букӏа, яги цоги бакӏалда букӏа. Дуца гьел гьезие хисун кье. Хӏакълъунго Бетӏергьан Аллагьасул букӏуна щибаб цебе араб жоялда хадуб бачӏунеб жоги, тӏаса араб жоялъе хисиги букӏуна.\nГьалдалъун тана.\nВассалам.\nТалат къо, 1266 соналъул 17 ражаб / 1850 соналъул 28 май.\nГьединго дов нилъер вацасе байтулмалалъул хурзал кье, ужра-мухьги босичӏого.\nШамил имамас Хайдакъ-Табасараналъул агьлуялъухъе хъвараб кагъат\nДунялалъул рокъоб Жиндир гурхӏел-рахӏмат бусурбанасеги капурасеги гӏаммав, ахираталда Жиндир гурхӏел бусурбанасе хасав Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. Кинабниги рецц Аллагьасе буго Жиндир нухда гъазаваталде рахъарал, рахъинчӏого рокъор чӏараздаса, хира гьарурав. Аллагьасул свалатгун салам лъеги цере аразулги хадур рачӏунезулги сайидлъун вугев Мухӏамадида ва жидеца капурзабазде гьабулеб гъазаваталъулъ цӏакъ бахъи гьабурал гьесул агьлуялдаги асхӏабзабаздаги лъеги.\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан киналниги къадизаби, гӏалимзаби, бутӏрул, тӏолабго Хайдакъ-Табасараналъул вилаяталъул агьлуялде. Хасго, Аллагьасул цӏар тӏадегӏан гьабулаго, Гьесул тушбабигун рагъизе къвал гурарал гӏолохъабазде буго салам. Аллагьасул саламал лъеги нужеда, Аллагьас кидаго нужее квербакъи гьабеги, Аллагьас нужер гӏамалалги къабул гьареги, нужее лъикӏалъе кверги бакъаги, квешлъабаздаса цӏунунги таги.\nЦинги. Тӏоцебесеб мурад буго нуж Аллагьасул цӏуниялда гъоркь рати. Хадубги нужеда лъай, дир вацал, нужер берцинал харбалги берцинал тӏабигӏаталги дида даим рагӏулел рукӏин ва къо бахъанагӏан гьел цӏикӏкӏунел руго. Гьанжелъизегӏан рагӏизе бокьулареб, цониги квешаб хабарги нужер рахъалдасан дихъе щвечӏо. Аллагьасул тушбабигун рагъизе кумек гьабеян абураб нужер ахӏи бай цӏикӏкӏиндал ва нужер рахъалдаса тӏатун рачӏунелниги балъго рачӏунелниги чапарзабиги рисалаталги гьоркьоса къотӏичӏого дихъе щведал, дун нужеда божана. Дида бичӏчӏана нуж вацлъиялъеги гьудуллъиялъеги рацӏцӏадал, ихласалда ругел чагӏи рукӏин. Гьединго бичӏчӏана нижер рахъалдасан боял къватӏире рахъиналъухъ нуж ралагьун чӏун рукӏинги. Гьединго тӏолабго Дагъистаналъул ракьалда лъала нуж церегоялдаса нахъе жигьадалъул агьлу рукӏин ва гъиратяхӏалъулги бахӏарчилъиялъулги рахъалъ машгьурал рукӏин. Гьединлъидал дица нужехъе витӏулев вуго нижер вац, нижеца мугьчӏвайги гьабулев, нижеца бербалагьиги гьабулев, нижецаги рикӏкӏунев, халкъалдаго машгьурав гӏалим, къвакӏарав бахӏарчи, Гӏахъушдерил къади Мухӏамадил вас Абакар-хӏажи. Киналниги нужер вилаятазул агьлуялда тӏад наиблъун витӏулев вуго гьев. Гьеб рахъалда гьабулебщинаб жо жинда берцин бихьараб къагӏидаялъ гьабизе ихтиярги буго гьесул. Щайгурелъул гьаб заманалъул гӏадамазда гьоркьов маслихӏатаб жо лъикӏ бихьулев гьев вукӏиналъ ва гьесулъ гӏелмуги, Аллагьасул диналдехун бугеб гъиратги, гьабулеб ишалъе тадбирги данделъун букӏиналъ. Нуж гьесие мутӏигӏлъе, гьесул амруялда нахъги рилълъа, гьес теян абурабги те, гьесиеги хилиплъуге, гьесда дандеги рахъунге. Щайгурелъул гьесие мутӏигӏлъарав — дие мутӏигӏлъарав вуго, гьесде гӏасилъарав, гьесухъ гӏенеккичӏев — диде гӏасилъарав, дихъ гӏенеккичӏев чи вуго. Нужеца Аллагьасул тушбабигун гьабулеб рагъуе гъуждулги гуре, гьанжелъизегӏан гьабулеб букӏаралдасаги цӏикӏкӏун паризаял гӏамалазда тӏадчӏейги гьабе, гьаругеян абурал квешал жалаздаса цӏуна-къайги гьабе. Хадубги, Аллагьасул нухда гьабулеб гъазаваталъул захӏмалъаби рикӏкӏун хӏалкӏвеларо. Тӏадегӏанав Аллагьас абулеб буго: «Нужеца Аллагьасул нухда рагъулаго чӏваразда хварал чагӏиян абуге. Хӏакъикъаталдаги гьел чӏаго руго, кинниги нужеда гьеб бичӏчӏуларо». Гьелъул тӏокӏлъи-хиралъи бицун рачӏарал хӏадисалгун аятал нужедаги лъала, гьел рехсон, хабар халат гьабиялъул хӏажалъи гьечӏо. Гьединго Тӏадегӏанав Аллагьас абулеб буго: «Жиндир нухда вагъулесе Аллагьас квер бакъичӏого тезего теларо», — ян.\nГьалдалъун тана. Вассалам.\nГьаб кагъат хъвана шамат къоялъ, 1266 соналъул ражаб моцӏалъул 21 къоялъ / 1850 соналъул 1 июнь.\nШамил имамас Кӏудияв Мухӏамадихъе хъвараб кагьат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Кӏудияв Мухӏамадихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Мун гӏенекке гьаб кагьат босун вачӏарас бицунеб жоялъухъ ва доб нилъеда лъалеб росулъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъикъат баян гьабе. Хӏалкӏвараб жигар бахъе байтулмалалда хурхарал рукӏа, гьединго дора жанир лъугьунел мункарал, рекъечӏел, ай шаргӏалда дандекколарел ишал рукӏа тӏагӏинаризе. Хасго байтулмалалъул ишги къадиясул суалги дуца кӏвар гьабичӏого тоге. Дида рагӏана гьеб росу къабихӏал ишаз цӏун бугин абун, гьеб киналъулго мунагь, тӏоцебесеб иргаялда, дуде ва хадуб нижеда тӏаде ккола.\nВассалам. Шаматкъо, 1266 соналъул 15 шаввал / 1850 соналъул 23 август.\nШамил имамас наибзабазде, нусил бутӏрузде, мугьажирзабазде хъвараб кагьат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан киналниги вилаятазул наибзабазде, нусил бутӏрузде, тӏолалго мугьажирзабазде ахир заманалде щвезегӏан, къиямасеб къо чӏезегӏан Аллагьасул саламал лъеги нужеда.\nЦинги. Шаргӏалъ гӏадилаллъун чӏезе гьарурал чагӏазул нугӏлъиялдалъун, дие якъинлъана Гъумекиса, Кудалиса Будал Мухӏамадил вас Гӏабдурахӏманил вас Хочол вас Мухӏамадил (тӏокӏцӏар Магӏлисев) вас Гӏабдурахӏимил васал Мухӏамадги Ахӏмадги Маккаялдаса аслу жидер бугел къурайшияллъунги сайидзабилъунги кколел рукӏин. Нужеца гьев кӏиявго жидее кколеб хумусалъул бутӏаялдаса нахъ чӏваге. Нужеца гьев кӏиясулго ва гьезул лъималазул кидаго адабхӏурматги гьабе. Гьев кӏиявго ккола тӏасарищарал, лъикӏал чагӏаздаса, гьединго гъваридаб гӏелмуялъул гӏалимзабиги руго гьел. Нилъер вилаяталда, нилъер кверщаликь ругел ракьазда гьездаса гӏадилал ва варагӏ бугел чагӏи гьечӏо. Дида киданиги гьездаса квешаб, рекъечӏеб, карагьатаб, гьединго шаргӏалда дандекколареб жоги бихьичӏо. Дица гьезухъе гьаб васикъа (документ) кьолеб буго; гьитӏинасеги, кӏудиясеги, тӏадегӏанасеги, гӏодовегӏанасеги, бихьинасеги, цӏуялъеги — киналниги ахир заманалъул гӏадамазе ракӏалдещвейлъунги васиятлъунги букӏине.\nГьалдалъун тана. Вассалам.\n1266 соналъул Аллагьасул баракатаб моцӏ шагӏбан /1850 соналъул июль.\nАхтиялдаса Мухӏамаднабица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат\nГьал мухъал хъвалев пакъирав лагъ Мухӏамад-набил рахъалдасан муъминзабазул амир, гъазизабазул таж, Тӏадегӏанав Бетӏергьанас щула гьавеяв ва квербакъаяв Шамил имамасде. Ассаламу гӏалайкум. Амин.\nЦинги. Дов жанив тӏамун вукӏарав, гӏадамал гуккулев, баракат бахъарав мунапикъ-шигӏияв, жидеца гьесул жаваб кьелии абун, къотӏиги гьабун, дуца гьесул Ахтиялдаса гӏагарлъиялъухъе кьеян амруги гьабун вукӏарав, лъутун рагӏула. Дида рагӏун букӏана гьев Цӏоралда муташайихлъи гьабулев вукӏанин ва гьаб заманалъул жал супизабиян чӏарал чагӏиги гьес гуккулел рукӏанилан. Гьединго гьез гьев кӏодо гьавун вукӏанин, хӏатта гьесда ран рукӏарал гудралги гьез рахъун рукӏанин. Дица дуде суал борхун букӏана гьев чиясул гӏагарлъиялъ гьесул ургъел гьабулеб гьечӏилан. Дуда гьеб ракӏалда батила. Хадуб дуца Гӏабдулпатахӏида амру гьабун букӏана, дов Муртазагӏалидасан байбихьун, гьесул гӏагарлъиялда къвакӏун кӏалъаян. Гьанже абуни, гьез гьев къад заманалъ виччан тун вуго. Гьединал тӏаса-масагоял ишазда хурхун гьабизе рекъараб жо дудаго лъикӏ лъала, мунго валагьун вихье. Гьев чи сабаблъун нижер гӏемерал харжал ккана. Гьаб заманалъул гӏажаиблъи гурищ жиндие бокьараб жо бицун бокьарав чи кӏалъалев? Пайда щибха, цо щив вугониги дунгун цадахъ дуда дандчӏвани, дов мунапикъасул «лъикӏлъаби» дуда рицине, дуца гьелда цӏакъ гӏажаиблъи гьабилаан. Гьав, жив шайих вугилан гӏадамал гуккулев чияс гьел рачун руго гӏалимзабазда данде рахъиналъул игӏтикъадалде, алжанги динги жидеда хурхараб, жидеда бараб жо бугин абулеб рекӏелчӏеялде. Нилъеца додинал ишал гьаризе гьел гьукъулел гьечӏо ва гьел сабаблъун нилъер боцӏи-малги гӏадада холеб буго. Ахтиялда ругел нилъер хӏасадчагӏиги нилъеда тӏад релъанхъулел руго. Хутӏараб жо дуда гьаб кагъат кьолес бицина."}
{"slug": "17444-ukrainayaldasa-tiadrussaraze-shapak-atal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17444-ukrainayaldasa-tiadrussaraze-shapak-atal", "title": "Украинаялдаса тӏадруссаразе — шапакъатал", "date": "2022-05-06 07:38:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 маялда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас шапакъатал кьуна Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъарал дагъистаниязе.\n«За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орденалъе мустахӏикълъана кӏудияв сержант Марат Халикъовги сержант Ибрагьимхалил Хӏажиевги (гьезул гьунаразул хӏакъалъулъ хъван букӏана «Хӏакъикъаталъул» цересел номеразда).\nГьединго ДРялъул Бетӏерасул цӏар тӏад хъварал хасал сагӏтал сайгъат гьаруна Донбассалдаса тӏадруссарал журналистазеги – ТАССалъул хасав корреспондент Гянджеви Хӏажибалаевасе, НТВялъул оператор Рабадан Бахӏамадовасе, журналист Исрафил Исрафиловасе, информациялъулгун культурияб координациялъул централъул директор Мухтар Амировасе, РГВКялъул журналистал Умай Ибрагьимовалъе, Сагӏид Кутиевасе, «Мирмолалъул» фотокорреспондент Мурад Мухӏамадовасе."}
{"slug": "17445-23-azargo-giarza", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17445-23-azargo-giarza", "title": "23 азарго гӏарза", "date": "2022-05-06 07:41:00", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъ лъазабухъе, 8-17 сон барал лъимал ругел ресукъал хъизамазе кумек хӏисабалда гӏарац щвезелъун 23 азарго гӏарза бачӏун буго гьезухъе.\nГьел кьун руго, аслияб куцалда, «Госуслуги» сайталдасанги Пенсиязул фондалъул клиентазул 54 хъулухъалдасанги. Гьединал гӏарзаби кьезе бегьула бокьараб мехалда, щайгурелъул, Пенсиязул фондалъул гьел хъулухъал хӏалтӏула гӏодоркъоязги байрамкъоязги."}
{"slug": "17446-gaaderil-khitiab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17446-gaaderil-khitiab", "title": "Гьаадерил хитӏаб", "date": "2022-05-06 07:42:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Шамил районалъул Гьоор росдал гӏадамаз интернеталдасан хитӏаб гьабуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасдеги хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасдеги.\nГьез тӏибитӏизабураб видеоялда бихьулеб буго росдал гӏадамазул кӏудияб къокъаги гьезда цеве вахъун кӏалъалев чиги.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гьаадерил рахӏатхвей буго гьекъолеб лъеда хурхараб. Федералияб бюджеталдаса 44 миллионалдаса цӏикӏкӏараб гъурущги биччан, 2013 соналда байбихьун букӏун буго росулъе лъим бачине. 2018 соналда ахиралде щвезе кколеб букӏараб гьеб хӏалтӏи жеги лъугӏун гьечӏо. Гьеб тӏадкъан букӏун буго «Дагсельхозстроялда» (подрядчик – ООО «Промстрой-2»).\n«Дагьалъ цебе нижеца хитӏаб гьабун букӏана Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управлениялде. Гьениса жаваб кьуна гьелда хурхун жидеца цӏех-рех гьабулеб бугилан. Букӏаниги, ниж, жамагӏат, гьабилеб жо лъаларого руго. Гьале гьабсагӏаталда гьаниб мажгиталда цебе бахъун чӏун бугеб жамагӏаталъ 2011 соналда 1,5 млн гъурущ бакӏарун букӏана росулъе лъим бачине. «Дагсельхозстроялъ» гьеб мехалда бачараб лъел рогӏороги жагъаллъун, биххун бачӏун буго», — ян бицунеб буго гьаадерил жамагӏаталда цевеги вахъун, видеоялдасан кӏалъалев чияс.\nГьелда бан ДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялъ гьабураб лъазабиялда абулеб буго «Дагсельхозстроялъул» баяназда рекъон, «Промстрой-2» ОООялъ гӏезегӏан гъалатӏал риччан ругила лъел рогӏоро лъолаго.\n2019 соналъул июналда комиссиялъ тӏатинабун буго гьеб рогӏоро унел цо-цо бакӏал букӏине кколеб гъварилъиялда рухъун ратичӏолъи, резервуарал руцӏцӏулел рукӏин, кӏиго бакӏалдасан рогӏоро чӏинтӏун букӏин, лъим бачӏунеб бакӏ сверун къачӏолъи, лъел гъуялда тӏад лъолел тӏалъелал маххул гурел, пластмассалъул рукӏин.\nЗаказчиказул тӏалабалда рекъон, гьениб хӏалтӏи цӏидасан байбихьунги букӏун буго. Амма гӏураб къадаралда гӏарац гьечӏилан багьанабиги ратун, подрядчиказ гьеб рагӏалде бахъинабун гьечӏо.\nГьединго ДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялъ баян гьабухъе, Гьоорибе лъим бачиналда хурхун лъугьараб ахӏвал-хӏал рукӏалиде бачине кколеблъи бичӏчӏизабун букӏун буго исана соналъул байбихьуда «Дагсельхозстроялъул» нухмалъиялда вукӏарав Мутӏалип Мутӏалиповасдаги.\nМинистерствоялъул баяназда рекъон, гьениб гьабичӏого хутӏун буго 6,1 млн гъурщиде хӏалтӏи. Гьелдаса разилъи гьечӏолъиги бихьизабун, хӏалтӏи хадуб бехъерхъизабуралъухъ тӏаде бачӏунеб пеняялъул 3,5 млн гъурущги кьезе кколин абураб кагъат битӏун буго «Промстрой — 2» ОООялде. Гьелдаго цадахъ хӏадурулеб буго судалде битӏулеб гӏарзаги."}
{"slug": "17447-shkolazdagun-yasliyazda-geresi-kharbal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17447-shkolazdagun-yasliyazda-geresi-kharbal", "title": "Школаздагун яслиязда — гьереси-харбал", "date": "2022-05-06 07:46:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 маялда дарсал кьезе бажаричӏо Махӏачхъалаялъул школазда. Гьединго гьенисанго гӏадин, ясли-ахаздасаги нахъе ритӏана лъимал.\nГьелъие гӏиллалъун ккана лъай кьеялъул чанго идараялда кьвагьулел жал лъун ругилан информация тӏибитӏизаби.\nАмма, талихӏалъ, МВДялъ гьелда хурхун батӏияб лъазаби гьабичӏолъиялъ, гьеб баян гьересияб батилин тана. Букӏаниги, гьелъ гӏезегӏан чиясул рекӏелъе рахӏатхвей рещтӏинабуна. Гьанжегӏагар гьединалго гьереси-харбал Белгород областалдаги раккун рукӏун руго."}
{"slug": "17448-45-azargo-nal-ulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17448-45-azargo-nal-ulav", "title": "45 азарго налъулав", "date": "2022-05-06 07:47:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул судазул приставазул ДРялда бугеб хъулухъалъ улкаялъул гӏорхъи бахине гьукъун буго 45 азарго дагъистаниясе. Гьел ккола батӏи-батӏиял налъаби жиндир заманалда рецӏичӏого тарал гӏадамал.\nГьединал гьукъа-къаял лъеялдалъун налъулазухъа нусгоялде гӏагарун млн гъурущ бахъизе бажарун буго приставазда.\nБицен гьабулел гӏадамазда гьоркьор хӏежалде унел чагӏи ратизеги рес буго. Гьединлъидал аэропорталдасан нахъруссинаризе ккеларедухъ, заманалда жидер тӏалабазде кӏвар кьеян хитӏаб гьабулеб буго приставаз гьезде."}
{"slug": "17449-mikgo-elektrostantsiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17449-mikgo-elektrostantsiya", "title": "Микьго электростанция", "date": "2022-05-06 07:49:44", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кватӏичӏого нилъер республикаялда бакъулги, лъелги, гьоролги микьго электростанция базе рес буго.\nДРялъул энергетикаялъул ва тарифазул министрасул заместитель Мухӏамад Гӏалибеговасул рагӏабазда рекъон, гьелдалъун букӏине буго кӏинусго чиясе хӏалтӏиги, 500 азарго чиясе канлъиги.\nМасала, гьанжегӏагар бакъул электростанция бан бахъана Южно-Сухокумскиялда."}
{"slug": "17450-bishchun-bertsinab-ankgo-bakial-ul-tsoyab-dag-istangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17450-bishchun-bertsinab-ankgo-bakial-ul-tsoyab-dag-istangi", "title": "Бищун берцинаб анкьго бакӏалъул цояб — Дагъистанги", "date": "2022-05-06 07:51:53", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Дагъистаналда нужее кӏудияб асар гьабизе буго мугӏруз, къанагӏатаб архитектураялъ ва квен-тӏехалъ. Гьенире щведал, чара гьечӏого рихьизе кколел бакӏал руго Басрияб Гьоорибги, Чӏикӏаб хӏорги, Кужник росулъ (Табасаран район – ред.) тӏабигӏаталъ гьабураб кьоги, Ханагалъул чвахелоги (Хучни росдада гӏагарлъухъ – ред.), Къорода Бецӏкъварилъиги», — гьедин хъвалеб буго «Forbes Life» сайталъ Дагъистаналъул хӏакъалъулъ.\nКъватӏисел пачалихъаз Россиялъе санкциял лъеялдалъун хӏухьбахъи гьабизе бакӏал нилъер улкаялда жанирго тӏаса рищулел руго туристаз. Гьелда бан гьеб сайталъ цӏар чӏвалеб анкьго бакӏалда гьоркьоб Дагъистанги рехсон буго. Хутӏарал ккола Курилалъул чӏинкӏиллъаби, Камчатка, Красноярск, Алтай, Мурманскиялда гӏагарлъухъ бугеб Териберка, Калининградалдаса рикӏкӏад гьечӏеб Куршская коса."}
{"slug": "17451-kh-akhiilab-ekranaldasan-giukhbuzul-yashav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17451-kh-akhiilab-ekranaldasan-giukhbuzul-yashav", "title": "Хъахӏилаб экраналдасан гӏухьбузул яшав", "date": "2022-05-06 07:54:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул телеканалазда — хьвацӏихьиталги, вехьасул къвачӏаги, исана гьабураб кьегӏерги\nГьал къоязда республикаялда бахъизе байбихьана хъутабаздаса гӏи магӏарухъе гочиналъул хӏакъалъулъ «Перегон» абураб документалияб кино. Гьеб буго РФялъул Культураялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун бахъулеб фильм. Гьелъул режиссер ккола Гъуниб районалъул Сугъралъа Гӏабдула Бечедов. Москваялдаса рачӏарал продюсеразулгун операторазул ункъо чиясдаса гӏуцӏараб къокъаялъе нухмалъиги гьабулеб буго гьес. Фильмалъул хӏакъалъулъ гьез бицана «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда.\nГӏухьбузда бихьулеб гӏакъуба\nМоскваялдаса продюсер Анна Смирноваги, телеоператор Михаил Горабчукги, техникияв директор Евгений Смирновги ахӏун руго Бечедовас республикаялде.\n— Республикаялда гӏи-боцӏухъанлъиялде цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб букӏинги хӏисабалде босун, цебего пикру букӏана фильм бахъизе. Цин хъутабаздаса магӏарухъе ва хадуб нахъбуссун гӏи гочинаби бигьаяб гуреб иш буго. Дида гьеб бихьана, гьединлъидал бокьана гӏухьбузул захӏматалъул хӏакъалъулъ кино бахъизе, — ян бицана Гӏабдула Бечедовас\nЦин бахъизе буго хъутабазда гӏи къунцӏиялъул кампаниялдаса байбихьун, хадуб магӏарухъе ине къватӏире рахъараб тӏоцебесеб къоялдаса нахъе гӏухьбузда бихьулеб захӏмат-гӏакъубаялъул. Хадуб, дагьабго гьоркьоб къотӏиги гьабун, риидалил мучӏдузде щвейгун, гӏиял къавуда чанго къоги бан, гьенирги гьаризе ракӏалда буго съемкаби. Лъабабилеб бутӏаялда бихьизабизе буго хасалихъе гӏи мугӏруздаса хъутабазде гочунеб къагӏида.\n«Чукоткаялда ритӏучӏазул рехьед бихьарав магӏарул куйдукьа хӏинкъуларо»\nДагъистаналда тӏоцебесеб нухалъ хӏалтӏулей йигониги, кутакалда гъира бугин жиндир гьеб кино бахъизеян бицана Анна Смирновалъ.\n— Дида бичӏчӏула кигӏанго захӏматаб хӏалтӏи гьеб букӏин. Балеб цӏадакьги пулеб гьорокьги, рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан гӏиял рехъада цадахъ къокъине ккани, гьеб бигьаяб масъала гуро. Хасго дун гӏадай, мугӏрул согӏлъи лъаларей гӏаданалъе цӏакъго захӏматаб букӏина гьеб нух. Нижер операторасеги бигьаяб иш гуро гьеб. Амма нужер гьаниве цевеги щварав чи вукӏиналъ, гьесие дагьаб бигьаго букӏине батила.\nГӏухьбузда цадахъ ине ккеялъул абизегӏанасеб ургъел гьечӏин бицана Михаил Горабчукица. Риидалгицин цӏер биунареб Чукоткаялда, чукчабазда цадахъ, ритӏучӏазул рехьед гочунеб куцалъул кино бахъун буго гьес чанго соналъ цебе.\n— Кино бахъун лъугӏизегӏан, ай маялдаса бахъараб октябралде щвезегӏан, гьанир рукӏине нижер рес рекъеларо. Рачӏун-ун, пуланаб заманалде данде ккезабураб графикалда рекъон бахъизе буго гьеб, — ан бицана гьес.\nХалкъалда кино бихьизе буго 2023 соналъул маялдехун.\n— Гьанже рахъун гьелъул хӏакъалъулъ кино бахъизе кин ракӏалде ккараб?\n— Продюсер хӏисабалда дица абила, тӏоцебесеб иргаялда, миллияб нахърателалалъе гьеб пишаялъул (гӏухьбузул захӏматалъул) бугеб кӏвар кӏудияб буго, — ян абуна А. Смирновалъ. — Умумузул бахӏарчияб гьеб иш кодобе босизе бокьарал гӏолохъаби жакъа гӏемер ратулел гьечӏо. Лъиего бокьулеб гьечӏо цӏадакьги гӏазукьги вехьасул тӏил кодобе босизе. Амма Гӏабдулае бокьун буго, цо гьеб рахъ гуребги, гӏухьбузул захӏматаб пишаялъ улкаялъул социалиябгун экономикияб гӏумруялда кколеб бутӏаги бихьизабизе.\nКино бахъулелъул съемкаби гьаризе гьез тӏаса бищун буго Сугъралъ «Агрофирма».\nГьале мугӏрул, гьале гӏи, гӏищкъу бугес босе тӏил\nСордо базе рещтӏараб бакӏалда гӏухьбузул яшавалъул, кванде гьел хӏадурлъулеб куцалъул, хасго вехьасул хинкӏал гьарулеб къагӏидаги бихьизабизе бугин жидеца фильмалдаян бицана А. Смирновалъ. Гьелъул жиндиргоги цӏакъ хьул букӏин бихьулеб букӏана гьезул хӏалбихьизе. Амма Гӏабдулае, щаялиго бокьун бугила, балеб цӏадакь цӏаги бакун, хинкӏал гьарулеб къагӏида бихьизабизе.\nГьединго киноялда рихьизаризе руго вехьасул къвачӏаги, гъалараб тӏагъурги, хьвацӏихьиталги."}
{"slug": "17452-marmar-getsioyalda-kh-van-rugo-tsiaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17452-marmar-getsioyalda-kh-van-rugo-tsiaral", "title": "Мармар-гьецӏоялда хъван руго цӏарал", "date": "2022-05-06 07:55:58", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏахьвахъ районалда бихьизабуна «Ичӏго бахӏарчи» абураб документалияб фильм. Гьелда бицунеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда фашистазде данде бахӏарчиго вагъарав Мухӏамадзагьид Гӏабдулманаповасулги гьесда цадахъ вукӏарав жеги микьго солдатасулги хӏакъалъулъ.\nДанделъиялда фильмалъул хӏакъалъулъ бицана гьелъул режиссер, «Звезда» телеканалалъул продюсер Владимир Шуванниковас. ДРялъул мустахӏикъав энергетик Мухӏамад Атуевасги РФялъул МИДалъул Дипломатияб академиялъул преподаватель, фильмалъул продюсер Елена Шуванниковалъги бицана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъе фильмалъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.\nКӏаратӏа росдал бегавул Х. Хӏайбулаевас В. Шуванниковасе сайгъат гьабуна дипломги, Кӏаратӏа росдал хӏурматияв гражданинасул свидетельствоги, «Кӏаратӏа: аралдаса букӏинеселде» абураб энциклопедияги.\nДанделъиялде вачӏун вукӏарав ДРялъул Краеведениялъулгун туризмалъул централъул нухмалъулев Арсен Хӏайбулаевас В. Шуванниковасеги, Денга Махиевасеги, Мухӏамадзагьид Гӏабдулманаповасеги (Совет Союзалъул Бахӏарчиясул ирсилав) сайгъат гьаруна республикаялъулаб ТОКСалъул юбилеялъулал медалал.\n21 маялда «Звезда» телеканалалда бихьизабизе буго «Ичӏго бахӏарчи» абураб документалияб фильм.\nГӏахьвахъ райадминистрациялъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "17453-k-o-mekh-l-iki-giolokh-anl-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17453-k-o-mekh-l-iki-giolokh-anl-i", "title": "Къо-мех лъикӏ, гӏолохъанлъи", "date": "2022-05-06 07:58:20", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "Гьадинги абун, гӏумруялъулгун къо-мех лъикӏги гьабун, ана абадияб рокъое нижер пишацояй, Хьаргаби районалъул Къудукь росулъа Гӏащат Асадулаева.\nЦадахъ хӏалтӏулелдаса гӏемер заман ун букӏинчӏониги, гьей йикӏана гъорлъ йосарай, хӏеренаб каламалъул, ритӏухъаб рагӏиялъул, махщел камилай хӏалтӏухъан. Редакциялда щиб тадбир гьабулеб бугониги, гьелъ хӏаракат бахъулаан, бищун цееги щун, кумек гьабизе. Захӏмат буго нижее жакъа Гӏащатил хӏакъалъулъ араб заманалда бицине. Амма рес щиб…\nГӏажаибаб жо буго гӏумру. Беролаго, гьелчолаго, цебехун боржун унеб бугеб гьеб цо лахӏзаталъ, жиндагоцин лъачӏого, чӏаралъубго хутӏула. Гьелъул нуцӏида, лъихъаниги ихтиярги босичӏого, кӏетӏола хвел. Ва, жиндирго къвалакь инсанасул къисматги ккун, уна цебеса. Рукӏана Гӏащатилги, щияй чӏужугӏаданалъул гӏадин, анищалги. Гьезул бищунго гвангъараблъун букӏун батиларищха щуго ва кӏиго сон барал лъимал гӏун рихьи. Амма тӏубазе хъван букӏун гьечӏо гьеб анищ.\nКамуна коллективалъе Гӏащат. Камуна гьелъул махсараби. Камуна гьей васазе. Камуна хъизамалъулаб гъасда Гӏащатил цӏа. Камуна эбелалъе. Аби буго, эбел хведал, бечӏалила ясалъул рекӏел тӏегьилан. Амма яс хведал, эбелалъул ракӏ карандаса тӏунго унеб батила. Кигӏан захӏмат бугониги, ясалъул дарманал каранде къазеги, гьел реэдизеги, рагӏичӏого хутӏараб эбелалъул кечӏ жиндиралъго хисизеги къуватги гьарула Гӏащатил эбелалъе.\nГӏащатица жиндирго гъасда бакараб цӏадул хинлъиялъ жиндие тӏокӏалъ асар гьабизе гьечӏев гьелъул гӏумруялъул гьудуласдаги гъваридаб пашманлъиялда зигара балеб буго нижеца.\nГьале жакъаги щвана хӏалтӏуде. Цо лахӏзаталъ лъалхъана гьелъул кабинеталда цере. Хӏинкъадго рагьана нуцӏа – хьул букӏана мун, гьимулаго данде ячӏинин абураб. Амма пайда щиб…\nПашманаб чӏобоголъи буго редакциялда. Тӏегьан бачӏине букӏараб къисматалда речӏчӏана кьогӏаб хвалил пири. Ва чӏурхӏун рехана гьелъ дур пикрабигун анищал. Чӏурхӏана гьелъ гьединго дур гӏолохъанлъиялъул куркьбалги. Борхалъуде ишангун хьвагӏулел рукӏарал гьел даималъего чӏезаруна Аллагьасул бацӏцӏадаб къадаралъ. Къо-мех лъикӏ, Гӏащат. Аллагьас иманалда тӏойитӏун ятаги.\nРедакция"}
{"slug": "17454-aral-ul-khiasil-bukiinesel-ul-kuchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17454-aral-ul-khiasil-bukiinesel-ul-kuchi", "title": "Аралъул хӏасил-букӏинеселъул кьучӏ", "date": "2022-05-06 08:01:51", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Ахирал соназ нилъер республикаялда лъикӏго цебетӏолеб буго туризм. ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул рагӏабазда рекъон, гъоркьиса нилъехъе вачӏун вуго 1,2 миллион турист. Исанайин абуни вачӏине вуго кӏиго миллион турист. Гьедин цебетӏей гьечӏониги, росдал магӏишаталъулги руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал. Гьезул ва церечӏарал масъалабазул бицана Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул коллегиялда. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, Халкъияб Собраниялъул аграрияб комитеталъул председатель Асият Гӏалиева, республикаялъулъ батӏи-батӏиял идарабазул («Россельхозбанк», ветеринарияб ва ччугӏил магӏишатазул комитетал) вакилзаби, районазул росдал магӏишаталъул управлениязул нухмалъулел.\nГӏаммаб баян\nНилъер росдал магӏишаталъул аслиял бутӏабилъун ккола хурухъанлъи ва гӏи-боцӏухъанлъи. 2021 соналда гӏезарурал, къватӏире риччарал нигӏматазул гӏаммаб багьа бащалъана 176,2 млрд гъурщида (хурухъанлъи – 47,9 процент ва гӏи-боцӏухъанлъи – 52,1 процент). Гьеб соналда АПКялъул 363 проекталда хӏалтӏизабуна инвестициязул 4,6 млрд гъурущ, гьелъие квербакъиялъе бюджеталъ биччана 2,8 млрд гъурущ. Гьебго заманалда АПКялъ бюджеталде кьуна налогазул 6,5 млрд гъурущ (2020 соналдаса 5,1 проценталъ цӏикӏкӏун). Гӏуцӏана 5177 чи хӏалтӏизе бакӏ. Республикаялда ругел магӏишатазул (СПК, СПОК ва гь. ц.) 96,9 процент хайир щоледухъ хӏалтӏулел ругониги, гьезул гӏемерисезул гӏарцулаб ахӏвал-хӏал гӏемер беццизесеб гьечӏо. Кидаго гуро хӏажатаб техника, алат-къайи босизе гӏарац гӏолеб бугеб, бигьалъуларо учузаб къагӏидаялда къарзал щвейги.\nХурухъанлъи\nРеспубликаялда батӏи-батӏиял нигӏматал хьараб, рекьараб, чӏараб гӏаммаб гӏатӏилъи бащалъула 360 азарго гектаралда (2020 соналде дандеккун 2,5 азарго гектаралъ цӏикӏкӏун). Могьолал культураби хьан рукӏана 165 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана 450 азарго тонна хӏалухъиналъул (ролъ, пурчӏина, цӏоросаролъ ва гь.ц.). Пиринчӏ хьан букӏана 27 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана 119,3 азарго тонна. Цебехун республикаялда киданиги бакӏарун букӏинчӏо гьединаб къадар, гьеб рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъеца ккола кӏиабилеб бакӏ (тӏоцебесеб бакӏалда буго Краснодар край). Гьебго гӏатӏилъиялдаса исана нилъеца бакӏаризе ккола 125 азарго тонна пиринчӏалъул, аслияб куцалда, хӏалтӏул даража борхизабиялдалъун ва цӏиял технологиялгун техника хӏалтӏизабиялдалъун. Овощал гӏезариялъул рахъалъги нилъер республикаялъ Россиялда ккола тӏоцебесеб бакӏ, 40,6 азарго гектаралдаса гъоркьиса бакӏарана 1361 азарго тонна. Исана дагьабги цӏикӏкӏинабизе буго гьел рекьулеб гӏатӏилъи (кӏиазарго гектаралъ овощал ва 1,5 азарго гектаралъ картошка). Теплицабаз ккун буго 628 гектар, гьелдаса 30 гектар ккола цӏиял тайпаялъул теплицабаз. Гъоркьиса теплицабазда гӏезабуна овощазул 68,8 азарго тонна, гьеб рахъалъ Россиялда нилъеца ккола анкьабилеб бакӏ, СКФОялда — кӏиабилеб.\nКартошка бекьун букӏараб 19 азарго гектаралдаса бакӏарана 365 азарго тонна. Бахчаби рекьун рукӏана анкьазарго гектаралда ва бакӏарана 193 азарго тонна хъарпуз-пастӏаналъул. Гьелъие зарал гьабулеб гарцӏ тӏибитӏизе рес бугеб 360 азарго гектаралда хал гьабуна ва 77 азарго гектаралда хӏалтӏизабуна загьру.\nАхихъанлъи\nАхал руго 28,8 азарго гектаралда, гьезда гьоркьоса 21,9 азарго гектаралда ругел ккола пихъ кьолел. Гъоркьиса цӏиял ахал чӏана 1158 гектаралда, бакӏарана 200,4 азарго тонна пихъил.\n2022 соналда хурухъанлъиялъ тӏуразе кколел суалал\n— Жидер заманалда хьазе ва ракӏаризе ккола могьолал культураби (ихдал гьел хьазе руго 225 азарго гектаралда, хасало 100 азарго гектаралда).\n— Букӏине кколеб даражаялда тӏоритӏизе руго гарцӏаздаса цӏуниялъул хӏалтӏаби.\n— Гӏаммал магӏишатазда гӏезарулел овощазул къадар бахинабизе буго 56 азарго тоннаялде.\n— Цӏикӏкӏинабизе ккола гӏелмиял нормабазда рекъон авлахъазда хьалел минералиял удобрениязул къадар.\nГӏи-боцӏухъанлъи\n2021 соналда республикаялда букӏана: чӏегӏербоцӏул 940 азарго бетӏер (2020 соналдаса 0,7 проценталъ цӏикӏкӏун), гьезда гьоркьоса 461 азарго ккола бечӏчӏулеб гӏака; гӏи-цӏцӏаназул 4552 азарго бетӏер (0,4 проценталъ цӏикӏкӏун); гӏанкӏу-хӏелекоялъул (хъазалгун ордекалги, гургуралги ва гь.ц.) 4152 азарго бетӏер (1,1 проценталъ цӏикӏкӏун).\nГъоркьиса нилъер гьаниб гӏезабуна ва хӏадурана: гьан ва гьанае гӏанкӏу-хӏелеко (чӏагояб цӏайи) – 266 азарго тонна; рахь – 936 азарго тонна; гӏанкӏудал хоно – 239 млн; квас – 11,2 азарго тонна.\nМелиорация\nМелиоративиял каналазул лъеца хьезабула ракьалъул 369 азарго гектар (гьеб ккола тӏолабго Россиялда лъалъалеб ракьалъул 9,2 процент). Гъоркьиса гидромелиоративияб хӏалтӏи гьабуна 4,3 азарго гектаралда. Салул гьужумалдаса ракь цӏуниялъул фитомелиоративияб хӏалтӏи тӏобитӏана 4,9 азарго гектаралда. Къваригӏел гьечӏеб гъветӏ-хералдаса бацӏцӏад гьабуна ракьалъул 868 гектар.\nТехника\n2021 соналда 22 районалъул 84 магӏишаталъе босана 540 млн гъурщил багьаяб 284 единица техникаялъул. Исана гьеб босиялъе биччазе буго 700 млн гъурущ.\nКванил ва нигӏматал къачӏалеб промышленность\nГьеб бутӏаялда хӏалтӏулеб буго АПКялъул 100-гӏанасеб предприятие. 2021 соналда гьез къватӏибе биччараб продукциялъул гӏаммаб къадар, цебесеб соналда дандеккун цӏикӏкӏана, 3,1 проценталъ.\nБагьаби, ярмаркаби\nДагьалго хиса-свериял камичӏониги, 2021 соналда пачалихъалъул идарабазда кӏвана аслиял нигӏматазул багьаби цӏакъго рорхичӏого чӏезаризе. Гьелъие квербакъулел тадбиразул цояб ккола росдал магӏишаталъул нигӏматазул ярмаркаби тӏоритӏи. Республикаялъул шагьаразда ва районазда гъоркьиса тӏобитӏана 119 ярмарка. Нигӏматал гӏезарулел магӏишатазе ва росулел гӏадамазе квекӏенал гьарула пихъ-овощал цӏунизе складал, холодильникал гӏунгутӏиялъ. Исана соналъул 1 январалде республикаялда рукӏана киналго хӏажатал шартӏал ругел 22 азарго тонна продукциялъул цӏунизе рес кьолел гьединал складал. Исана тӏаде разе ругел складал хӏалтӏизе риччан хадуб цӏунизе кӏола 26 азарго тонна, 2025 соналде гьеб къадар цӏикӏкӏине буго 32 азаргоялде щвезегӏан. 2030 соналде рукӏине ккола 100 азарго тонна пихъилгун овощазул цӏунулел складал.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "17455-bakhiarchiyab-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17455-bakhiarchiyab-nukh", "title": "Бахӏарчияб нух", "date": "2022-05-06 08:18:45", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Гӏахьвахъ районалъул Тӏадмагъилъа, гьанжего-гьанже михъида хӏур чӏвалев, Гӏабдурахӏман Гӏумаровасги хӏукму гьабуна рагъде ине. Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана Бакуялъул кӏиабилеб пехотаялъул училищеялда цӏализе лъугьиналдаса.\nКӏудияв сержант, взводалъул командир, 19 сон барав Гӏумаровасе тӏоцебесеб рагъулаб лъадари щвана Орджоникидзе шагьаралда гӏагарлъухъ. Орджоникидзе шагьар ва Гизел росу тушманасдаса эркен гьабурабго, гьезул отделение биххизабуна ва 26-абилеб мотострелковияб артиллериялъул дивизиягун цолъизабуна. Гьенивги Гӏабдурахӏман гӏарадаялъул отделениялъул командирлъун тӏамуна. Захӏматал, бащалъи гьечӏел рукӏана Архонский районалъе гӏоло ккарал рагъал. Гьениб Гӏабдурахӏманил взводалъул гӏицӏго лъабго чи чӏаго хутӏана.\nКватӏичӏого Гӏабдурахӏман гӏарадачагӏазул взводалъул командирлъун тӏамуна, ва гьев Нососевка росдае гӏоло ккараб рагъде ккана.\n— Росу анцӏгониги нухалда цоцахъе ккана. Гьезда кӏвана нилъеразул цо къокъа ва гьезда гьоркьоб нижер дивизионги сверун кквезе. Тӏубараб къоялъ къотӏичӏо рагъул гъугъай. Гьеб къоялъ тушманасул 8 танк бухӏана ва гӏемерал солдатал чӏвана. Анкьго сордо-къоялъ халат бахъана горсверуда бащалъи гьечӏеб рагъ. Амма росу кьечӏо. Тӏаде щвараб кумекалдалъун тушман нахъе вачахъизе кӏвана. Гьеб росу цӏунаразе Бетӏераб командованиялъул баркалаги щвана, — ян бицунаан Гӏумаровас.\nГӏабдурахӏманица гӏахьаллъи гьабуна Таманалъул чӏинкӏиллъи эркен гьабиялъул рагъулъ. Хадуб гьезул часть рехана Донбассалде, ва, Макеевка шагьар эркен гьабулаго, гьев захӏматго лъукъула.\nГоспиталалдаса хадув Крымалде ккана. 1944 соналъул 11 апрелалда нилъер аскараз Крым эркен гьабизе цадахъаб гьужумалде байбихьана. 19-абилеб танказулаб дивизиялъе кумекалъе кьурал гӏарадабазул цо взводалъе командирлъи гьабулеб букӏана Гӏабдурахӏманица. Перекопалда, Сивашалда фашистазул оборонаги щущахъ бан, советиял аскараз Джанкой станциялдаги маххул нухдаги кверщел гьабуна. Эркен гьаруна Симферополь, Севастополь шагьарал. Гьениб бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло Гӏумаровасе Бетӏерав командующиясул рахъалъан лъабго нухалъ баркала щвана. Гьенив рагъухъан коммунистазул партиялдеги восула.\nРакӏалдаса унароан Гӏабдурахӏманида Сапун мегӏер бахъулаго ккарал рагъал. Тушбабаз цӏакъго щула гьабун букӏараб гьеб, цо чанго нухалъ тӏатӏалаго гьужумал гьаруниги, бахъизе кӏолеб букӏинчӏо. Амма щибаб иргадулаб гьужумалъ фашистазул дандчӏей чучлъизабулеб букӏана. Ахирги рес къотӏиялде ккарал немцал, мегӏерги тун, нахъе къана.\nКрым эркен гьабун хадув Гӏабдурахӏман гӏахьаллъула Прибалтика, Румыния, Венгрия, Болгария, Чехословакия эркен гьариялъулъ, ва Эльба гӏурул рагӏалда ингилисазул армиягун дандчӏваялдалъун лъугӏана гьесул рагъулаб нух.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъда Гӏабдурахӏман 6 нухалъ лъукъана. Гьениб бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло гьесие кьуна 8 Баркала, «Багӏараб цӏва», лъабабилеб даражаялъул Реццалъул орденал ва 7 медаль.\nРагъдасан вуссун хадув гьев хӏалтӏана учительлъун, КПССалъул ва ВЛКСМалъул райкомазда секретарьлъун, газеталъул редакторлъун, районалъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председательлъун ва гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго райисполкомалъул председателасул заместительлъун.\nКив ва кинаб ишалда вугониги, гьесие хасиятаб букӏана къуркьи гьечӏолъи, пачалихъалъ тӏадкъараб иш мисалияб къагӏидаялъ ва ракӏбацӏцӏадго тӏубазаби. Гьес бихьизабуна жиндирго бажари, рагӏуе ритӏухълъи, жиндехунго ва гьудул-гьалмагъзабаздехун кӏудияб жавабчилъи ва тӏалабчилъи. Гьесул гӏумруялъул ва захӏматалъул нух ккола гӏун бачӏунеб гӏелалъе инсан куцаялъул гьайбатаб ва гвангъараб мисаллъун.\nХӏадурана Б. Султӏановас"}
{"slug": "17460-kvatiun-shchvarab-shapak-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17460-kvatiun-shchvarab-shapak-at", "title": "Кватӏун щвараб шапакъат", "date": "2022-05-06 08:29:32", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Нухӏидин Хӏажиев гьавуна 1962 соналъул тӏоцебесеб сентябралда Цӏунтӏа районалъул Гениялъ росулъ. Эбел-инсуда цадахъ гьев гочана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъе. Гьениб лъугӏизабуна гьоркьохъеб школаги.\n1981 соналъул щуабилеб маялда Гъизилюрталъул цолъизабураб рагъулаб комиссариаталъ Нухӏидин витӏана Советияб армиялде. Вачӏинахъего гӏахьаллъизе ккана Афгъанистаналда букӏараб рагъулъ. Гьес рагъулаб хъулухъ тӏубалеб букӏана Асадабад шагьаралда гӏагарлъухъ бугеб Кунар провинциялда. Гьениб букӏана Туркестаналъул рагъулаб округалъул 40-абилеб армия. Нухӏидин вукӏана мотострелковияб лъабабилеб батальоналъул 66-абилеб бригадаялъул анкьабилеб ротаялда. Гьев гӏахьаллъана 28 рагъулаб операциялда.\n1983 соналъул 16 маялда Нухӏидин Хӏажиевас хъулухъ гьабулеб батальон Афгъаналъул армиялъул аскариялгун цадахъ багъарана Кунар провинциялъул Ганджгал кӏкӏалахъе. Гьениб халлъун букӏана душманазул къокъа. Амма цо кишлакалде гӏагарлъараб мехалда, афгъаналъулаз инкар гьабуна батальоналда цадахъ рилълъине ва тӏад руссана. Хъачӏал гъалатӏал рорчӏана батальоналъул командирасухъаги: кишлакалда сверухъ ругел рорхалъабазда халкквеялъул мурадалда гӏисинал къокъабиги тун, аслияб аскаргун лъугьана кишлакалде. Душманаз байбихьана цо чанго бакӏалдасан нилъер аскариязде кьвагьдезе. Лейтенант С. А. Амосовасда тӏадкъан букӏана батальоналъул квегӏаб хьибилалъул жавабчилъи. Гьеб букӏана 17 солдат гъорлъ вугеб ва дагьалъ цеве Афгъанистаналде вачӏарав гӏолохъанав лейтенант Г. А. Демченкоца нухмалъи гьабулеб къокъа. Демченкое кумекалъе тун вукӏана рагъулаб хӏалбихьи бугев лейтенант Амосовги – хӏакъикъияб нухмалъи гьабулеб букӏана гьес.\nКишлакалде жанире лъугьунаго, къокъаялде гьужум гьабуна моджахедазул къокъаялъ. Гьеб нахъ чӏвана, ва Амосовас рациялдасан бицана тӏоцебесеб гьужум нахъ чӏванин ва 20 моджахедги чӏванин абун. Кватӏичӏого байбихьана кӏиабилеб гьужум – советиял солдатазде данде вагъулев вукӏана Пакистаналъул гӏорхъодасан кишлакалда ругезухъе кумекалъе щварав кӏинусгогӏанасев душман. Лейтенантал С. А. Амосовасда ва Г. А. Демченкода бичӏчӏулеб букӏана тушманасул къуват тохлъукьего цӏикӏкӏиналъ ккезехъин бугеб хӏасил.\nЛейтенант С. А. Амосовасул солдатаз байбихьана душманазде данде рагъ. Гьужум нахъ чӏван бажарана, амма къокъаялъе камиял ккана ва хвезабуна рация. С. А. Амосовас хӏукму гьабуна къокъаялъул хутӏелгун шагьранухде тӏад вуссине, броневикалгун гьенир рукӏарал нилъер аскариязул кумекалде хьулгун. Амма гьел тӏад руссунеб нухда гъоркьчӏел гьабун батана – гьелъул хӏакъалъулъ хадубккун бицана асирлъуде ккарал душманаз. Гъоркьчӏел хӏадурун букӏун буго Пакистаналъул регулярияб армиялъул спецназалъул 100-гӏан рагъухъанас.\nРагъ букӏана цӏакъ къокъаб. Нилъер рагъухъабаз бахӏарчиго тӏубана тӏадаб борч. Чӏаго хутӏана гӏицӏго цо солдат – гьевги кӏицӏул лъукъарав. Хадубккун гьес бицун лъана ккараб рагъул хӏакъикъатги. Лейтенант С. А. Амосовасул кӏиябго квер лъукъун букӏун буго, амма гьесухъа бажарана, душманаз гуллил цӏад балеб бугониги, чӏварав пулеметчикасухъе ворчӏизе ва гьенисан тушманасда кьаби щвезабизе. Гьесда дандритӏарал ганчӏал багӏарлъун рукӏана, тушманасул биялъ лъалъан. Хадубккун гьенибго батана лейтенант Амосовасул гулбуз борлъ-борлъараб жаназа – кодоб пулеметгун.\nМухъилав Нухӏидин Хӏажиев кӏанцӏана тушманасул гурулъе ва кьвагьизабуна граната. Хвана бахӏарчиго, цадахъ чамалиго тушманги хабалъе ккезавун. Рагъ ккараб бакӏалда ратана лейтенант Демченколги цо чанго солдатасулги жаназаби – хъатикь гранатабигун. Кколел камиялги рихьун, пакистаналъулаз инкар гьабуна рагъулаб масъала тӏубазабиялдаса ва, советиял солдатазул жаназабазе гӏакъубаги кьун, жидерго ярагъгун, Афгъанистаналъулгун Пакистаналъул гӏорхъодехун ана. Анцӏила анкьго рагъухъанас гӏумру кьуна гьениб ва хвасар гьабуна тӏолабго батальон.\nЦадахъго 16 чи хвей, гьезда гьоркьов кӏиго офицерги, букӏана гьезул командиразул карьераялъе нух къалеб хӏужа. Гьединлъидал бижана ккара-таралъул «цӏияб» бицен: аскариязул къокъа чӏвана, хӏухьбахъиялда кьижун рукӏаго. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хал гьабизе ана Бетӏераб рагъулаб прокуратураялъул хасаб комиссия. Комиссиялъул хӏукмуялда хъван буго: «Рагъухъаби хвана, жидедаса цӏикӏкӏараб къуват бугев тушмангун бахӏарчиго, ахирисеб би тӏинкӏизегӏан, рагъулаго», — ян. Амма доб 1983 соналда Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна гӏицӏго лейтенант Г. А. Демченкое (хун хадуб).\nЛейтенант С. А. Амосовасул рахъалъ ритӏухълъи чӏезабуна анцӏго соналдасан: гьесиеги кьуна «РФялъул Бахӏарчи» абураб цӏар (хун хадуб). 14 соналдасан къимат кьуна мухъилав Нухӏидин Хӏажиевасул гьунаралъеги.\n1997 соналъул кӏиабилеб сентябралда Россиялъул Федерациялъул президентасул № 974 указалда рекъон, мухъилав Хӏажиев Нухӏидин Гӏумаровичасе кьуна «Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи» абураб цӏар (хун хадуб). Гьебго соналъул октябралда Россиялъул Бахӏарчиясул хъизамалъухъе кьуна «Меседил цӏва» абураб медаль – Россиялъул Бахӏарчиясул хасаб гӏаламат.\nНухӏидин Хӏажиев вукъун вуго Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ.\nГӏумалав Шейхов, РФялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан, лъималазул туризмалъулгун краеведениялъул централъул директор"}
{"slug": "17462-k-ur-an-tsialize-res-gechiin-baganabi-ratuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17462-k-ur-an-tsialize-res-gechiin-baganabi-ratuge", "title": "Къуръан цӏализе рес гьечӏин багьанаби ратуге", "date": "2022-05-06 10:14:35", "categories": ["history"], "text": "Лъималазул хасият буго эбел-инсудаса, сверухълъиялдаса мисал босулеб. Канлъи бихьуларел гьитӏичазин абуни, квераз кващун, сверухъ бугелъухъ гӏинтӏамун лъазабула дунял. Гьебги лъазабула кверзул тӏогьиса килщазул кумекалдалъун. Канлъукъаб лъимералъе дунял гвангъизаби, гьеб гӏадатияб гӏумруялде буссинаби, аслияб къагӏидаялъ, эбел-инсуда бараб буго. Цояз гьел жидедаго рараллъун гӏезарула, цогидаз хӏаракат бахъула гьединаб лъимер гӏадатияб гӏумруялде ругьун гьабизе. Канлъукъаб лъимер гӏезабулеб бусурбабазул хъизамалда абуни, гьеб масъала жеги захӏмалъула. Щивав бусурманчиясе бокьула жидерго лъималаз Къуръанги цӏализе исламалъул кьучӏалги лъазаризе. Кӏалалъ абун малъун гурони, Къуръан цӏализе гьанжелъизегӏан рес букӏинчӏо канлъукъал дагъистаниязул. Исламияб лъай щвезе бокьарал канлъукъал гӏадамал ине кколаан цогидал республикабазде яги къватӏисел пачалихъазде. Гьедин букӏана лъабго соналъ цебе Махӏачхъалаялда канлъукъазда Къуръан цӏализе ва исламиял кьучӏал малъулеб «Ихӏсан» центр рагьизегӏан.\nКанлъукъал гӏадамазда Къуръан цӏализе малъулеб ва светияб лъай кьолеб центр рагьана Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-афандил хӏаракаталдалъун. «Ихӏсан» беццазе ва канлъукъазе цӏалулгун реабилитациялъулаб централъул директор Патӏимат Хӏамзатовалъ бицухъе, республикаялда гьединазда Къуръан цӏализе малъулеб бакӏ ва тӏахьал гьечӏин абун, кумек гьарун рачӏунаан гӏадамал диниял идарабазде. Патӏиматил хъизамалдаги буго беццаб ва канлъукъаб кӏиго лъимер. Лъимал гьитӏинаб къоялдасаго Хӏамзатовазул хъизамалъ яхӏ бахъулаан гьел гӏадатияб гӏумруялъулъ гӏахьал гьаризе, гьезие лъикӏаб лъай щвезабизе. Лъималазул талихӏалъе гӏоло гьез гӏумру гьабулеб бакӏги хисана, беццазда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ Брайлил шрифталда хъвадаризеги цӏалдезеги лъазабуна. Патӏиматил бетӏергьанчи Мухӏамад ккола предприниматель. Гьесги квербакъула гьеб жавабияб хӏалтӏуе. Нижергун ккараб гара-чӏвариялда Патӏиматица бицана центр рагьиялъул, беццал ва канлъукъал гӏадамаз Къуръан цӏалиялде кьолеб кӏваралъул, Адыгеялдаса хъизам-лъималгун Дагъистаналде гочиналъул хӏакъалъулъ.\n«Эбелалъул школа»\nПатӏимат Хӏамзатова ккола Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъа. ДГУялъул социалияб факультетги лъугӏизабун, росгун цадахъ гьей Москваялде гочана. Махщалида рекъон хӏалтӏизеги инчӏо. Лъимал гьарун хадуб, гьезул тӏалабалда чӏана.\n— Хӏалтӏизе бакӏ щун букӏаниги, лъимерги рехун тун ине рес букӏинчӏо. Дун хӏалтӏизе ун йикӏарайани, лъимерги нахъе кколаан. Гьадингоги канлъи бихьуларев вас, дир кумекалде ккарав вукӏана. Хадуйго ясги канлъукъай гьаюна. Киналго лъималаз эбел-инсухъги ралагьун, гьезда хадуб такрар гьабула. Канлъукъал лъималаздаян абуни эбел-инсуца гьабулеб жо бихьуларелъул, такрар гьабун бажаруларо. Гьеб мехалда гьел нахъа хутӏула. Гьединал лъималазда кинабго жо малъизе ккола. Кваназе, ретӏел ретӏине ва цогидабги. Гьабулебщинаб бицинеги ккола гьезда. Нилъеда сверухъ кколебги бихьулебги кинабго рагӏун абизе ккола, — ян бицана Хӏамзатовалъ.\nЛъимал кӏудиял гӏунагӏан гьезие гӏадатияб къагӏидаялда хьвада-чӏвадизе гуребги, исламалъул кьучӏалги, Къуръан цӏалиги малъизе хӏаракат бахъана Хӏамзатовазул хъизамалъ. Лъималазе лъикӏаб лъай кьезе бугеб гъираялъ Патӏимат цӏализе лъугьана Герценил цӏаралда бугеб Россиялъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул деффектологияб лъай кьеялъул ва реабилитациялъул институталде. Ахирал соназда Хӏамзатовазул хъизам Адыгея республикаялъул Майкоп шагьаралда гӏумру гьабун букӏана. Гьениб канлъукъал лъималазул школалда учительлъун хӏалтӏулей йикӏана Патӏимат.\n— Хъизамалда кӏиго канлъукъаб лъимер хьихьизе бигьаяб иш гуреблъи бичӏчӏула. Гьелде тӏадеги, гьединалго лъималазе лъай кьолеб жавабияб хӏалтӏиги тӏаде босун буго. Росас кин гьеб иш къабул гьабулеб?\n— Лъималазе лъай ва тарбия кьеялъулъ росас кидаго квербакъула. Гьес цӏехон батараб «Эбелалъул школа» абураб гӏурусазулгун украиназул проекталда рекъон, тӏоритӏулел дарсаздеги хьвадулаан ниж вас гьитӏинаб мехалда. 2014 соналда политикиял хиса-басияздаса хадуб, гьеб проекталда гьоркьоса Украина нахъе ана. Гьеб проекталда рекъон, 3-7 сон барал, канлъи бихьуларел лъималазул эбел-эмен куцалаан гьезие тарбия кьезе, хьихьизе. Нижгун хӏалтӏулаан психологал ва цогидалги специалистал.\n«Эбелалъул школалда» нижеда малъулаан гӏумру гьабиялъул аслиял жалазде канлъукъал яги нилъер кумек хӏажатал лъимал кин ругьун гьарилелали. Канлъукъал лъималазе дандекколедухъ рокъоб къайи кин лъелеб, кинал расанкӏаби гьезие росизе кколел, кин ретӏел ретӏине малъилеб, кин гьел кваназарилел ва цогидабги малъулаан гьениб.\n— Адыгеялдаса Ватӏаналде тӏад руссиналъе гӏилла щиб ккараб?\n— Кӏудияв вас школалде ине заман щведал, росас дида абуна канлъукъал лъималазе кинаб школа лъикӏаб бугебали халгьабизе ккелин ва гьезие лъай кьезе ккани мунгоги цӏализе кколин. Цӏализе унелъул муфти Ахӏмад-афандиясда дандбазе ун рукӏана ниж. Гьеб лъикӏаб иш бугин абуна гьес. Нижер кӏиябго лъимерги канлъукъаб букӏин лъалаан муфтиясда.\nХадуб, лъимал кӏудиял гӏунагӏан, гьезда гӏадатияб къагӏидаялда хьвада-чӏвадизе гуребги, исламалъул кьучӏал ва Къуръан цӏализе малъизеги бокьун букӏана нижее. Нижерго лъималазе лъай кьеялъе, гьел церетӏеялъе гӏоло гӏемерал соназда гьабураб хӏалтӏи, хадубккун цогидал лъималазеги пайдалъун ккана. Майкопалда канлъукъал лъималазул школалда хӏалтӏулей йикӏарай дун ахӏана гьание беццазе ва канлъукъазе цӏалулгун реабилитациялъулаб централда хӏалтӏизе. Ячӏинахъего директорлъунги тана. Гьале лъабабилеб цӏалул сон лъугӏулеб буго дица централъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса.\nБрайлил къагӏидаялъ цӏализе байбихьилалде цебе, гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккола лъималазулгун. Цин квераз кващун лъазабиялъул къагӏида хӏалтӏизабула. Нижехъе, гӏемерисеб мехалда, цӏализе рачӏуна яслиялде хьвадичӏел, кверал чуризецин бажаруларел лъимал. Гьезул бакӏалда кинабго улбуз гьабулеб букӏиналъ, гьел ругьунлъун ратуларо рукӏа-рахъиналъул гӏадатиял къагӏидабазде. Гьеб кинабго нижеца малъизе ккола.\nХадуб, кващун цӏалулеб алфавит малъула гьезда. Тӏаде цӏутӏизарун хъварал тӏанкӏазул шрифт ккола гьеб. Цӏализе малъулелъул, гӏисинал маххул гарал жанир лъезе бегьулел ячейкаби ругеб алат хӏалтӏизабула. Хадуб хасаб алаталдалъун хъвадаризе малъула. Тӏахьазда хъван рукӏуна кверзул тӏогьиса килщал кващун цӏалулел тӏаде цӏутӏарал тӏанкӏал. Гьединлъидал Брайлил къагӏидаялъ хъварал тӏахьал рукӏуна чӏахӏиял. Брайлил шрифталда хъвараб Къуръаналъул анлъго тӏехь гӏола. Жакъа Къуръан цӏализе санагӏалъи гьечӏилан багьанаби ратизе рес гьечӏо я канлъукъазе, я гӏинда бакӏазе, я гӏадатияв чиясе.\n— Республикаялда ругел канлъукъазе рагьарал цӏалул идарабаздаса батӏияб жо щиб бугеб централъул?\n— Школалде хьвадулеб ригьалъул лъималазда, рикӏкӏадасеб къагӏидаги хӏалтӏизабун, малъула гӏаммаб лъай кьеялъул киналниги дарсал. Гьелде тӏадеги — исламалъул кьучӏал, как битӏун баялъул къагӏида, Къуръан цӏализеги малъула. Централде цӏализе росула 6 сон баралдаса нахъе. 18 сон баралдаса бокьараб ригьалъул гӏадамазда малъула иман-ислам, как базе, Къуръан цӏализе. Гьединго «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах», «Мухтасар», «Усулюдин», «Хӏадисул къудси», «Гӏараб мацӏ», исламалъул ихтияр (право), «Тафсир» абурал дарсалги малъула гьезда. Щуго соналъул цӏалул программа гӏуцӏун буго централда чӏахӏияб ригьалъул канлъукъазе.\nТӏоцебесеб соналъ гьел ругьунлъизе ккола цӏалдезе. Кӏиабилеб соналъ анцӏго Жуз рекӏехъе лъазабизе ккола. Лъабабилеб ва ункъабилеб соназдаги анцӏ-анцӏ Жузал рекӏехъе лъазаризе ккола. Щуабилеб соналда гьеб кинабго такрар гьабула ва тафсир малъула.\nИсана цӏалул лъабабилеб соналда жаниб цӏалдолезда гьоркьор анцӏго Жуз рагӏалде щвезегӏан рекӏехъе лъалев чи гьечӏо. Бихьулеб буго гьеб кинабго программа щуго соналда жаниб лъазабун бажарулареблъи. Канлъи бугев чиясда дандеккун канлъукъазе кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун заман къваригӏуна щиб бугониги лъазабизе.\n— Цӏалун лъугӏидал гьел щаллъун рахъунел? Магӏишат гьабиялъе махщел щолищ канлъукъазе?\n— Гьанир цӏалулел студентазул аслияб мурад буго хӏафизаллъун рахъин. Гьединго централда рагьун буго массажалъул ва компьютералъул курсал.\nТӏоцебесеб цӏалул соналъ нижеца чӏахӏиял канлъукъал цӏалдохъабазе Къуръан цӏалиялъул курсал рагьун рукӏана. Карантин лъуралдаса хадуб, чӏахӏияб ригьалъул цӏалдохъаби къабул гьаричӏо. Школалъул ригьалъул цӏалдохъаби гурони цӏалулел гьечӏо. Гьезул цӏалуе квалквал ккеларедухъ гӏуцӏун буго кинабго.\nГӏисинал лъимал Къуръан цӏалун лъугӏизегӏан цӏализарула централда. Гьелдаго цадахъ школалъул программаги (светияб) малъизе квербакъула. Гьезда рикӏкӏадаса цӏализе малъулелъул, цӏалуе хӏажатаб кинабго техникаги тӏахьалги чӏезарун руго централъ. Гьелде тӏадеги, гӏисинмаххазул тӏагӏел гьабизе, угьаризе, хьухьаризе, компьютер лъазабизе ва квен гьабизе малъула.\nГӏемерисеб мехалда Кисловодскиялъул колледжалде массажисталлъун цӏализе уна канлъукъал абитуриентал. ДГПУялъул хасаб лъай кьеялъул (деффектологиялъул) кафедраялда ва Герценил цӏаралда бугеб университеталда цӏалула канлъукьал студентал.\n— Централъул чан чи къабул гьавизе рес бугеб?\n— Гьабсагӏаталда цӏалулев вуго ункъо вас. Микьго васасе бакӏ буго гьаниб. Микьго ясги йиго цӏалулей. 16 яс къабул гьайизе бакӏ буго. Дагъистаналдаса гурелги улкаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздасаги рачӏуна гьанире цӏализе. Центр рагьаралдаса гьанир цӏалулел рукӏана ислам босарал Омскиялдаса ва Казаналдаса гӏурус руччабиги. Гьезул цоялъул 69 сон букӏана. Централда цӏализарула чӏобого, квенги киналго алаталги кьола чӏобого.\n— Лъица хьихьун бугеб центр? Ругищ гьанир цӏалдолезе хӏажатаб къайи, ресал?\n— Централъул тӏалаб гьабула ДРялъул муфтияталъ. Гьез кинабго хӏажатаб къайиялдалъун хьезабула центр. Канлъукъазе цӏалдезе, хъвадаризе, компьютералда нахъа гӏодорчӏун хӏалтӏи гьабизе хӏажатаб кинабго чӏезабун буго гьаниб.\nУлкаялда къайи хира гьабилалде цебе босун букӏана канлъукъал компьютералда нахъа гӏодорчӏун хӏалтӏизе рес кьолеб алат (Брайлил дисплей). Гьелда тӏад руго Брайлил шрифтги цогидал хӏажатал кнопкабиги. Гьеб алаталъул кумекалдалъун гьезухъа килщаз кващун тӏахьалги, батӏи-батӏиял сайтаздаса макъалабиги цӏализе бажарула. Гьединаб ункъо алат буго централда. Лъималаз рикӏкӏадасеб цӏали компьютеразул ва гьеб дисплеялъул кумекалдалъун гьабула. Компьютералдаса хӏажатаб текст Брайлил шрифталдеги буссинабун кагътида бахъулеб принтерги буго нижер.\nЦӏалдохъабиги кидаго тӏахьазде къулун рукӏунелъул, мугъзагьод гьетӏиялъул захӏмалъаби гӏемер дандчӏвалел руго. Гьединлъидал «Инсан» фондалъ централъе босана массаж гьабулеб креслоги. Киналго шартӏал чӏезарун руго канлъукъазе исламияб ва светияб лъай кьеялъе.\n— Сордо-къоялъ гьанирго гӏумру гьабун ругел цӏалдохъабазда гьеб чӏалгӏунарищ?\n— Гьел гӏадада чӏун рукӏунарелъул, чӏалгӏунаро. Радалго малъула Къуръан. Хадуб квен кьола. Рамазан моцӏалъ киназго кӏалалги ккола. Кванан хадуб школалъул дарсал байбихьула. Гьелдаса хадуб къаде как бала ва кваназарула. Макьилги низам цӏунула. Гьелдаса хадуб щивав цӏалдохъан уна жидецаго тӏаса рищарал курсазде. Цинги, къаси сагӏат анкьго тӏубазегӏан цӏидасан Къуръан цӏалиялъул дарсал рукӏуна.\nНижер цӏалдохъаби хьвадула тӏадагьаб атлетикаялдеги. Канлъукъал лъимал рекерула канлъи бихьулелгун цадахъ. Щивав канлъукъасда цадахъ вукӏуна цо-цо канлъи бихьулев чи.\n— Цебегӏанго рагӏун букӏана ДРялъул гӏолилазул ишазул министрасул заместитель Патӏимат Гӏумаровалъ нужее Президентасул гранталъе гӏоло проект хӏадуризе кумек гьабулеб бугин абун. Щиб ккараб гьелъул?\n— Гьеб букӏана дица гӏуцӏараб «Стирая границы» абураб проект. Гьелъул мурадги буго жидедехун кӏвар кьезе кколел, жидер кумекалде хӏажатал канлъукъал гӏадамалги жидеда сверухъ рукӏин гӏолеб гӏелалда бичӏчӏизаби. Документал ракӏарун рахъинчӏого, гьеб нахъ бахъана. Исана цӏидасан хӏадурлъи гьабулеб буго.\nМажгит ва центр гӏуцӏараб район ккола беццазулин абулеб. Гьаниб аскӏобго буго канлъукъал гӏадамаз гӏумру гьабулеб гӏемертӏалаял минабиги. Гьел хӏалтӏулеб цехги буго аскӏобго. Гьаб районалда мажгитги Хархаровас, беццазул гьариялда рекъон, бан букӏана. Гьаниса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб бакӏалда буго канлъукъал цӏалдохъабазе школа-интернатги. Аскӏобго буго гьезул клубги. Беццазул клубалъул гӏахьалчагӏаз нижер централъул цӏалдохъабазе батӏи-батӏиял курсалги тӏоритӏула.\n— «Эбелалъул школа» гӏадаб проект Дагъистаналдаги гӏумруялде бахъинабизе ракӏалде ккечӏищ? Нилъер ракьцоязул рес бугищ жидерго канлъукъал лъималазда гӏумру гьабиялъе хӏажатабщинаб малъизе?\n— Гьанжесел гӏалимзабазги психологазги абула лъимер гьабилалде цебе хӏадурлъи гьабизе кколин лъимадуе тарбия кьезейилан абун. Цогидаздаса батӏияб лъимер гьабураб мехалъ эбел-инсуда тӏаде кколеб буго жеги цӏикӏкӏараб жавабчилъи. Гьединлъидал лъимер цебетӏезе ккани, канлъукъазул школалде яги централде цӏализе ритӏизегӏанги эбел-инсул рахъалдасан рокъосанго букӏине ккола хӏадурлъи.\nГӏадатияб лъимадулго гӏадин, канлъукъаб лъимадулги буго щибаб ригьда лъазе кколеб хьвада-чӏвадиялъул къагӏида, ругьунлъизе кколеб жо. «Эбелалъул школа» проекталъин абуни 3-7 ва 16-20 сон барал канлъукъал лъимал куцазе малъула. Анкьго сон баралдаса 16 сон базегӏан ригьалъул лъималгун хӏалтӏиялъе кумек букӏинчӏо «Эбелалъулаб школа» абураб проекталда рекъон.\nДун гьеб проекталъул гӏуцӏарухъаналде аскӏое ана, 7-16 сонил ригьалъул лъимал гьоркьор щай хутӏизе кколелин абун гьикъизе. Гьелъ абуна гьеб хӏалтӏи гьанже дуцаго тӏаде босеян.\nГьеб проект гӏуцӏиялъул иш гьоркьоб хутӏана Дагъистаналде тӏад руссиндал. Амма гьелда тӏад хӏалтӏизе ракӏалда буго.\nХадурагӏи\nНижер накъиталъухъ гӏенеккун чӏалгӏарай Патӏиматил яс, 10 сон барай Салима цо заманалда лъугьана жинцаго цӏалулеб букӏараб тӏехь балагьизе. Испаниязул хъвадарухъан Мигель Сервантесил «Дон Кихот» цӏалун лъугӏулеб бугин, гьеб лъугӏидал «Король Артур и рыцари круглого стола» абураб тӏехь бугин цӏализе иргаялдаян бицана гьелъ. Бищунго бокьулеб асар цӏехедал, гьел гӏемер ругин, амма бищунго вокьулев автор Кыр Булычев вугин бицана Салимаца. Батӏи-батӏиял авторазул тӏахьазул ва гьезул аслиял бахӏарзазул бицуней Салимахъ балагьун хутӏарай дун, централъул цогидал цӏалдохъабигун лъай-хъвай гьабизе ахӏана Патӏиматица. Кӏарччанго, цин эбелалъул кабинеталъуе лъугьун, цинги централда хӏалтӏулезулгун накъиталда тана Салимаги. Беццазул библиотекаялъулгунги гьоркьоса къотӏичӏого бухьен букӏунин, лъималазе хӏажатал тӏахьал гьениса росулин бицана Патӏиматица.\nНиж тӏоцере раккараб кабинеталъув дарсал гьарулев ватана Салимал кӏудияв вац, 14 сон барав Рамазан. Школалъул рикӏкӏадаса малъулел дарсазул заман букӏана гьеб. Цогидал цӏалдохъабиги ругоан дарсазде машгъуллъун. Цӏалул программаялдаго цадахъ Рамазаница Къуръанги рекӏехъе лъазабулеб буго. Къуръан цӏалиялъул ва рекӏехъе лъазабиялъул рахъалъ республикаялъулал ва бакӏалъулал къецазда призалъулал бакӏазе мустахӏикълъана Рамазан. Канлъукъал руччабазда гьоркьоб «Къуръан цӏали ва исламалъул кьучӏал» къецалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Салимацаги.\nМайкопалда цӏалулелъул, Олимпиялъул резервалъул школалде, дзюдоялде ва тӏадагьаб атлетикаялде хьвадулаан Рамазан. Гьенир щварал гӏемерал медалалги руго гьесул.\nЦентралда цӏалулел, лъаялъухъ гӏащикъал гьитӏичал рихьаралдаса нахъе дица диего кьолел суалал лъугӏулел гьечӏо. Щай нилъеца Къуръан цӏали, цӏияб лъай щвезаби нахътӏамун толеб? Щай нилъеда Аллагьасе щукру гьабизе кочӏонеб? Заман гӏолеб гьечӏин, сахлъи загӏиплъун бугин абун щай нилъеца багьанаби ратулел?\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17463-makhkhgitsin-mukiurl-ula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17463-makhkhgitsin-mukiurl-ula", "title": "Маххгицин мукӏурлъула", "date": "2022-05-06 10:18:09", "categories": ["lit"], "text": "«Патӏимат», «Ансадерил бахӏарай», «Цӏва»… Арсен Асхӏабовасул щибаб курхьеналъул буго жиндирго цӏар.\n«Цӏар кьураб мехалда рекӏее парахалъи щола, щибаб тӏагӏелалъул букӏинесеб къисматалъул пикру гьабизе бачӏуна. Гьезда рухӏ лъезаби гӏадаб жо ккола цӏар лъей», — ян бицана Гӏахьвахъ районалъул Гӏарчоса меседил тӏагӏелазул устарас. Гьесул тӏагӏелазул цоял руго дунялалъулго музеязда, цогидал – къватӏисел улкабазул хасал коллекциязда, лъабабилел – берцинал ясазул килщаздагун рукьабазда\nМахщел камилав устар хӏисабалда цӏар бигьаго щоларо. Букӏине ккола хасаб къагӏида, цогидазда релълъинчӏеб хатӏ, инсан хӏайранлъизавулеб гӏаламат. Арсен Асхӏабовасул нус-нус тӏагӏелалда гьоркьор руго меседилги гӏарцулги, къиматаб багьаялъул нагӏлиялъ гвангъизаруралги, цояб цогидалда релълъинчӏеб расеналъ берцин гьаруралги, щибалъул буго жиндирго хаслъи. Масала, «Ансадерил бахӏаралъул» хаслъи ккола ансадерил накъишал тӏад рекьи. Гьес гурони, гьединаб къагӏида хӏалтӏизабуларо.\nГьарула Асхӏабица хунжрулги – гьезиеги кьола цӏарал. «Машгьурал рагъул церехъаби» абураб хунжрузул коллекциялда буго Шамил имамасул мазгарул сипатгун гӏарцул гьабураб ханжар, цогидалда буго Александр Македонскиясул сипат. Гьабуна гьес адмирал Федор Ушаковасул сипат бугеб ханжарги. «Маххул тахтаги босун, къваригӏунареб бутӏа нахъе къотӏула. Гьеб бигьаяб иш гуро, амма ракӏ тӏаде цӏалеб хӏалтӏи буго. Ушаковги вугелъул гӏажаибав рагъул цевехъан: гьев хӏалхьиялда чӏана, рагъулъ босараб 43 бергьенлъиги букӏаго, ва цониги рагъулъ къечӏо гьев», — ан бицана Асхӏабица.\nБицана гьес Шамил имамасул ханжар гьабиялъулги. Гьеб букӏана «Ахӏулгохӏ» абураб мемориалиябгун тарихияб комплекс балеб заман. Гьеб бан бахъана – гьабун лъугӏана ханжарги. Гӏемер чиясул гъира букӏана гьеб ханжар жиндиего босизе, амма Арсеница хӏукму гьабуна ханжар музеялъе сайгъат гьабизе. Гьабсагӏаталда Шамил имамасул сипат тӏад бекьараб ва дунялалдаго цо бугеб гьединаб ханжар лъун буго «Ахӏулгохӏалъул» музеялда.\nУстарас тӏоцебе гьабуна Македонскиясул ханжар. Анцӏго соналъ вукӏана гьев гьелда тӏад хӏалтӏулев. «Дица сурат бахъула кваранаб квералъ, амма хӏалтӏула квегӏалъ. Школалда учительницаялъ гӏемер хӏаракат бахъана кваранаб квер хӏалтӏизабизе дун ругьунлъизавизе. Ручкаялъ рухулаан кверал. Ахирги хъвадарула ва суратал рахъула квараналъ, амма меседил тӏагӏелал гьаризе хӏалтӏизабула квегӏаб квер», — ан бицана Арсеница.\nМеседил устарлъиялде Арсен машгъуллъана 1991 соналда. Устарас абулеб буго, жиндие гьеб гьунар кӏудияв инсухъа ирсалъе щун батилин абун. Кӏудада вукӏана кверзул махщел бугев чи. Гӏарчосел гурелги, сверухъ ругел росабалъа гӏадамалги рачӏунел рукӏун руго гьесухъе къваригӏелалъ.\nКверзул махщел букӏана Арсенил эбелалъулги – гьелъ угьун къачӏалаан бахӏаралъул гурдал.\nШколалда цӏалулаго ва Советияб Армиялда хъулухъ тӏубалаго, А. Асхӏабовас рахъулаан суратал, берцинго къачӏалаан плакатал ва стендал. Меседил тӏагӏелал гьаризе унго-унгояб гъира Арсенилъ бижана Махӏачхъалаялда, Узбекгородокалда бугеб гьоцӏдерил художествияб комбинаталде щведал. Гьеб заманалда Россиялъул халкъияв художник Мухӏамад Жамалудиновас бакӏарулеб букӏана меседил устарлъиялъе ругьунлъизе гъира бугел гӏолилазул къокъа. Гьелда гъорлъе ккана Арсенги. Цогидал гӏолилаз гьанжего-гьанже рагьулел рукӏана махщеллъиялъул балъголъаби. Арсен Асхӏабовасин абуни, гьеб заманалда гьабуна жиндир тӏоцебесеб тӏагӏел – гӏарцул курхьен. Ва бичана гӏарцухъ.\nМухӏамад Жамалудиновас, гӏолиласул пагьмуги гъираги бихьун, кубачиязул устарзабазда гьарана Арсенида устарлъи малъеян абун. Жидерго махщалил балъголъи чияр чиясе киданиги рагьуларо кубачияз. Рагьичӏо гьез гьеб Арсениеги. Гьес тӏаса бищизе ккана жиндирго сухъмахъ – захӏмалъабигун гъалатӏал гьарзаяб, амма лъидаго релълъинчӏеб, гӏицӏго жиндие хасиятаб. Цӏаличӏо гьев художествиял школаздагун академиязда, амма хӏалтӏана, кӏвахӏги свакги кӏочон тун. Ва бачӏана махщел. Гьесие гӏемераб кумек гьабуна М. Жамалудиновасги. Ахӏана комбинаталда хӏалтӏизе. Амма доб букӏана захӏматаб заман. Комбинатги къана, улкаялда рукӏарал цогидал предприятиялго гӏадин.\n«Дол соназда хадур гъун рачӏунаан заказал – заман гӏоларого букӏунаан курхьабиги, хунжрулги, баргъичалгун рахсалги гьаризе. Республикаялде щолел гьалбал гӏемерлъун рукӏана ва ракӏалдещвеялъул сайгъатлъун гьезул щивас цадахъ босулаан гӏарцул тӏагӏел. Гьел унаан хӏежалде унеб мехалдаги – Маккаялда ричизеян абун. Гьанже иш абизегӏан лъикӏ гьечӏо. Махщелчи вакъун хутӏулеб заман буго. Щайгурелъул цо пикру гӏумруялде бахъинабулаго, гӏезегӏан заман уна ва гьадингоги гӏемер гьечӏел заказал рилула. Щивасда гуро бичӏчӏулеб цо тӏагӏел гьабулаго, устарас гьелда тӏад хвезабулеб заманги, гьесда бихьулеб захӏматги, гьелъие хӏажалъулеб сабруги. Учузго къваригӏуна гьеб босулев чиясе. Гьелъ устарасул ракӏбакъвазабула: учузаб багьаялъ гуро – жиндир хӏалтӏул къимат гьабунгутӏиялъ», — ан бицана Арсеница.\nГьабсагӏаталда А. Асхӏабов хӏалтӏулев вуго Гъизляралъул предпринимателасул заказазда тӏад – гьарулел руго нусал, хунжрул. Гьесул хӏалтӏаби ричулел руго дунялалъул батӏи-батӏиял улкабазда. Гьанже щибаб тӏагӏелалда жиндирго цӏарги хъвала гьес.\nА. Гӏабдурахӏманова"}
{"slug": "17466-severiyab-kavkazal-ul-khalk-azul-pedagogiyab-kultura", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17466-severiyab-kavkazal-ul-khalk-azul-pedagogiyab-kultura", "title": "Северияб Кавказалъул халкъазул педагогияб культура", "date": "2022-05-06 10:21:05", "categories": ["obshestvo"], "text": "Северияб Кавказалъул педагогияб культура лъугьана халкъазул гӏумруялда гӏасрабаз дандчӏвараб захӏматаб хӏалбихьиялъул кьучӏалда. Гӏелмияб педагогикаялъ гьелда абула мугӏрузул халкъазул тарбия кьолеб къагӏидайилан. Гьеб къагӏидаялъул тарбия кьеялъул алаталлъун ккола кьварараб заманалъ халкъ куцан лъугьарал халкъиял гӏадатал – хур-ах гьабулаго, рагъулал, рукӏа-рахъиналъул, хъизамалъулал, ай магӏарул жамгӏияталда рилълъанхъарал ва халкъалъ пайдаяллъун рикӏкӏунел.\nМагӏарул тарбия кьеялъул аслияб хаслъи ккола, лъимер бижараб къоялдаса нахъе, бихьиназеги руччабазеги батӏи-батӏияб тарбия кьей; рукъалъул хӏалтӏи гьабизеги гьеб гьабулаго цӏунизе кколел адабалги лъимерлъудасаго куцай; букӏинесеб гӏумруялда тӏуразе тӏалъулел хъулухъазде гьитӏинаб къоялдасаго ругьун гьари; битӏараб нухккун хьвадизе малъи; лъикӏаб гӏамалалъухъги малъараб босун хьвадиялъухъги рецц-бакъ гьаби.\nЩивасул буго жинда тӏадаб иш\nХъизамалъул бетӏерлъун кидаго вукӏана бихьинчи – эмен, гъанситоги ватӏанги хъизамалъул яхӏ-намусгун къадруги цӏунулев, тухум-кьибилалъул ва жамагӏаталъул жаваб кьезе хӏадурав; хъизам хьихьулев аслияв хӏалтӏухъан – живго мисалияб къагӏидаялда бищунго лъикӏ хӏалтӏулев гуревги, гьеб гӏуцӏулев ва лъималаздаги хӏалтӏи малъулев.\nХъизамалъул бетӏер хӏисабалда бихьинчиясда тӏадаб буго хъизамалъул гьоркьоблъи гӏуцӏизеги. Гьесул хӏаракаталдалъун гӏуцӏула тухум-кьибилалъулгун бухьеналги. Инсуца лъималазда малъула гӏагарлъиялда гьоркьор лъикӏал бухьенал гьаризеги – жиндирго мисалалдалъун, гӏаммал ишазулъ гӏахьал гьариялдалъун, рохелги ургъелги бащад бикьизе малъиялдалъун. Гьел бухьеназул аслулъунги букӏине ккола цоцазде гьабулеб божилъи, цоцазе хӏалае рахъин, тухумалъул хъизамалъулгун ва тӏолабго росдал жамагӏаталъулгун лъикӏаб гьоркьоблъи гьаби.\nТухумалдаги жамагӏаталдаги цебе инсуца жаваб кьезе ккола жиндир хъизамалъул, ай гьеб хьезабиялъул, дагӏба-рагӏи гьечӏеб, парахатаб гӏумруялъул, цоцазде гьуинлъи-вацлъи куцаялъул. Гьеб буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш, гьединлъидал инсуца гьеб ишалъулъ чарагьечӏого гӏахьал гьаюла хъизамалъул эбелги. Гьелда тӏадаб буго рукъалъул берцинлъи гӏуцӏизе, гъансито цӏунизе, лъималазе тарбия кьезе. Щуго-анлъго сон базегӏан лъималазе тарбия кьеялъул иш аслияб къагӏидаялда бегула эбелалъул гъуждузде. Амма гьеб ишги лъадуде рехун, рикӏкӏад чӏун вукӏунаро эменги, хасго васазе тарбия кьеялъулъ кӏудияб кӏвар буго гьесул. Инсул тарбия кьей байбихьула васас тӏоцересел галаби рахъулеб заманалдаго. Магӏарулазул гӏадаталда рекъон, бихьинаб лъимер гӏемерисеб заманалда букӏине ккола бихьиназда гъорлъ.\nУнго-унгояв бихьинчи\nМугӏрузул халкъазул тарбия кьеялъул кьучӏлъун ккола «унго-унгояв магӏарулав» ва «унго-унгояй магӏарулай» куцай. Гьел куцала захӏматалъулъ лъадарулаго, пашманлъи-рохел гӏахьал гьабулаго, мадугьалзабазулгун, росуцоязулгун гьоркьоблъи загьир гьабулаго, хъизамалда рукӏаго, ай гӏумруялъул щибаб къойил букӏунеб ахӏвал-хӏалалда. Инсул рагӏул къимат гьабизе лъималазда малъула эбелалъ. Жинцагоги адаб гьабула гьелъул. Инсуцаги хӏаракат гьабула рагӏул къадру цӏунизе, эбел-инсул мисалалдалъун лъималазулъ куцала яхӏ-намус, жавабчилъи, васазулъ – къвакӏигун бихьинчилъи, яцазул ва эбелалъул тӏалаб гьаби, рукъ цӏуниялъе тадбирлъи.\nИнсанасул гӏамалалъул бищун лъикӏаб хасиятлъун мугӏрузул халкъаз рикӏкӏуна гӏаданлъи. Гьелда гъорлъе уна батӏи-батӏиял рахъал — захӏмат бокьиги, ватӏан цӏунулаго, бахӏарчилъигун хӏинкъи гьечӏолъи ва жиндирго гӏумруялда барахщунгутӏи загьир гьабиги; тӏадаб борч тӏубазе кколеблъи ва гьелъие гӏоло, хӏажалъани, гӏумру кьезеги хӏадурав вукӏинги; сверухъ бугеб тӏабигӏатги, хӏайваналги ва гъветӏ-хер цӏуниги; цогидав чиясул мурад тӏубазе хӏадурго вукӏинги.\nЩивха кколев, мугӏрузул халкъазул пикруялда рекъон, унго-унгояв бихьинчи? Чӏахӏиязул адабги гьабулев, чӏужугӏаданалъул къадруги цӏунулев, хъизамалдаги жамгӏияталдаги гьоркьов сабруяв ва хӏалимав, хъизамалъе ва жамагӏаталъе гӏоло хӏалтӏулев, ритӏухълъи цӏунулев. Гьеле унго-унгояв бихьинчи. Гьединаб пикру щулалъун буго Северияб Кавказалъул халкъияб педагогикаялда.\nГӏасрабаз гӏуцӏана бихьинчи куцаялъул халкъияб педагогияб программа. Гьелдаса пайда босула пуланав гӏолиласул эбел-инсуца гуребги, тухумалъул тӏолго бихьиназ ва жамагӏаталъул бутӏруз. Щайгурелъул гьел ккола гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабулел гӏадамал. Масала, гьез васасде хитӏаб гьабула «бихьинчи», «къвекӏаб цӏум» ва цогидалги рагӏабаздалъун. Гьитӏинабго ругъуналде, тункараб, унтараб бакӏалде гӏемер кӏвар кьолев васасда гьесул кьерилаз яги чӏахӏияз абула: «Воре, гъадида бихьизе тоге – гозоялъ бикӏулин», — абун. Росдал годекӏабахъ гӏуцӏулаан васазда гьоркьор къецал – миллияб гугариялъул, рекериялъул, кӏанцӏиялъул ва гь. ц.\nГӏисинал васазул тӏалаб гьабулаан гьесдаса кӏудиял вацаз, вацгӏалзабаз, мадугьалзабаз ва росуцояз. Гьедин гӏуцӏараб насихӏатчилъиялъул мурад букӏана бихьинаб хасият-гӏамал куцай: хӏинкъи гьечӏолъи, къвакӏи, къохӏехьей, жиндирго яхӏ-намус ва къадру бацӏцӏадго цӏуни, захӏматаб хӏалалде ккедал битӏараб хӏукму гьабизе лъай, ахирисеб къуват тӏагӏинегӏан къеркьезе кколеблъи бичӏчӏизаби. Чӏахӏиязул кумекалдалъун гӏисинал васал ругьунлъула гьединаб ригьалъе хасиятал хӏинкъабазукьа эркенлъизе. Масала, борхалъудаса вортиялдаса, хӏоринив гъанкъиялдаса, гӏуруца иналдаса, гьвел хӏапдеялъукьа ва гь. ц. Гьединаб хӏалалде ккарал васазе кумек гьабула чӏахӏияз, гьезул ракӏбатулеб рагӏи бицун, жидецаго мисал бихьизабун.\nСеверияб Кавказалъул халкъияб кӏалзул гьунаралъул асаразулъ – маргьабазулъ, биценазулъ, бахӏарчияб эпосалъулъ – рехсон руго бихьинчи куцаялъе квербакъулел батӏи-батӏиял мисалал. Гьенир кьун руго бихьинчиясул букӏине кколеб хьвада-чӏвадиялъул рахъалъ чӏванкъотӏарал мухӏканал баянал. Бихьинчи куцаялде – цебечӏараб масъала тӏубазе хӏаракат бахъиялде, хехаб хӏукму гьабиялде, дандиясукьа бергьенлъи босизе ккеялде, цӏодорлъиялде кӏвар кьолеб буго халкъиял расандиязулъги.\nИсламалъги кӏудияб бутӏа лъуна Северияб Кавказалъул халкъазул рухӏияб гӏумруялъулъ. Исламияб моралалъ мухӏканго рехсола муъминчиясул сипатал: ритӏухъав, ракӏбацӏцӏадав, жавабчилъи бугев, къохӏехьолев, хӏалимав, къвакӏарав, бахӏарчияв. Гьелдаго цадахъ исламалъ какула хӏилла-рекӏкӏ, жахӏда-хӏусуд, гьерсихъанлъи, вахӏшилъи, божударекӏкӏ, хилиплъи, цӏукӏалъи.\nРехсарал исламиял хасиятазул кьучӏалда гӏуцӏарал руго инсанасул гӏамал-хасият куцаялъе чарагьечӏого хӏажатал «Намус» ва «Адаб» абурал халкъиял кодексал. Гьезда рекъон хьвадизе малъарал гӏолилаз киданиги рахъ кквеларо квешлъиялъул, вахӏшилъиялъул, саяхълъиялъул ва питначагӏазул. «Иццул лъел тӏагӏамалдаса пайда босарав киданиги къулиларо хӏарщул хӏориниса лъим гьекъезе, хӏатта къечон холелъулгицин», — ан буго халкъияб кици.\nУмумузул рухӏияб ирс цӏи гьабулаго, нилъеца цӏидасан чӏезабула некӏсиял умумузулгун бухьен. Гьелдалъун кӏудияб бутӏа лъола жамгӏияталъул сахаватаб ва халкъалъе пайдаяб ишалъулъ.\nМухӏамадхӏабиб Халидов, ДРялъул мустахӏикъав учитель"}
{"slug": "17470-general", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17470-general", "title": "Генерал", "date": "2022-05-06 10:30:21", "categories": ["insan"], "text": "Генерал-лейтенант Мухӏамад Гӏабдуразакъов. Гьев щивалиги, кив хӏалтӏаравалиги, гьес Дагъистаналда цебе гьабураб намус бацӏцӏадаб хъулухъалъулги хӏакъалъулъ лъаларев чи къанагӏатги ватиларо. Гьединлъидал гьаниб тӏадчӏей гьабиларо гьев хӏалтӏарал бакӏаздаги, гьес нахъа тараб, гӏун бачӏунеб гӏелалъе унго-унгояб мисаллъун кколеб гӏумруялдаги, бахӏарчияб къеркьеялдаги. Бокьун буго Шамил районалъул Тӏелекьа Мухӏамад Гьитӏиновичасул хӏакъалъулъ, комсомолазул цевехъан, ДАССРалъул Спорткомитеталъул председатель, ДРялъул МВДялъул министр хӏисабалда гурев, гӏадатияв инсан хӏисабалда гьев вихьизавизе. Гьедин гьев вихьизавизе гьесулгун лъикӏаб гьоркьоблъиялда, яги гьевгун цадахъ хӏалтӏарав, ялъуни, абухъего, цӏамул гьир цадахъ чӏикӏарав чи дун гуро. Мунагьал чураяв дир инсулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏиналъ лъалаан ниж цоцазда ва цо-цо мехалда, газеталъул хӏалтӏухъан хӏисабалда, щолаан гьесул кабинеталде гара-чӏвари гьабизе ялъуни газеталъе хӏажатаб баян балагьизе, цӏехезе.\nГазеталда мухбирлъун хӏалтӏулев гӏолохъанчиясда, ай дида, гьес дандчӏвай гьабулаан цӏакъ адабалда, загьир гьабулаан газеталда бахъараб цо кинаб бугониги макъалаялда тӏасан жиндирго пикру ва цо-цо мехалда кӏалъалаан кочӏол жугьабаздалъун. Кида щваниги гьесул столалда тӏаса камичӏого букӏунаан магӏарул газета ва бихьулеб букӏана гьев творчествоялдехун цӏайи бугев чи вукӏинги. «Рокъобе кагъат» абураб жинцаго гьабураб кечӏ хӏеренго цӏалулеб мехалда, дун гӏажаибго гьесухъ валагьун хутӏиги халлъун, гьес абуна: «Мухӏамадхӏабиб, дун министр вугониги, дудаго гӏадаб ракӏха дидаги бугеб», — илан.\nГьесул гӏадат букӏана, нахъе унелъул, цо кинаб бугониги сайгъат кьолебги. Гьесул гьединаб хасият букӏинги лъан, иргадулаб нухалда дие цо щиб бугониги сайгъаталъе кьезе жо балагьулев гьев вукӏаго, щвараб ресалдаса пайда босилин вукӏун ватилаха, дица гьесда абуна, дун милициялъул хӏалтӏухъан вугин абураб удостоверение щайин дие кьоларебилан. Доб букӏана дица машина босараб заман ва хӏажат букӏана, ГАИялъулаз чӏезавидал, гьезда бихьизе «корочка». Дица гьедин абидал, Мухӏамад Гьитӏиновичасе цӏакъ кеп щвана ва, хӏажалъи ккани жинхъе ахӏейиланги абун, «сайгъатги» кьечӏого, дунги нуха регӏана. Хадуб дир инсуда абун буго гьес, халкъ законалъул нухдасан хьвадизе малъулев жив дур васас закон хвезабизе тӏамулев гурищин вукӏаравилан.\nГьелдаса нахъе лъикӏаланго заман гьоркьоб индал, иргадулаб нухалдаги щвана гьесухъе ва, нахъе унелъул, дица абуна дурго гӏумруялъулги хӏалтӏулги ракӏалдещвеязул тӏехь щай хъваларебилан. Лъикӏаб пикру бугин абун гурони, гьес мухӏканаб жаваб кьечӏо. Амма заманалдасан пуланав чи витӏун вачӏана редакциялде, кӏиго-лъабго папка цӏурал кагътал, материалал, батӏи-батӏиял газетазда рахъарал макъалабиги росун, Мухӏамад Гьитӏиновичас абунин гьазухъ балагьейиланги абун. Палхӏасил, тӏаделъана тӏехь гьабиялъе диргоги бутӏа лъезе ва гьеб мурадалда, хӏажат бугониги гьечӏониги, хьвадана министрасухъе. Дие, гӏолохъанчиясе, кӏудияб жо букӏиндалха министрасухъе ин. Гьедин лъана дида Мухӏамад Гьитӏиновичасул гӏумруялъулги, захӏматалъулаб нухалъулги, баччизе ккараб бакӏлъиялъулги, бихьараб гӏакъубаялъулги хӏакъалъулъ цо-цо бутӏаби.\nЭбел\nНахъа чи гьечӏого кӏудияб борхалъиялде вахарав Мухӏамадица абулаан жив кидаго налъулав вугин эбелалъе. Эбел Хъандулалъул бицунеб мехалда, кьварарав генерал вугониги, гьесул бадиб магӏуцин ххулулаан.\n— Рагъда росги чӏван къороллъуда хутӏарай эбелалъ тӏолабго гӏумру кьуна лъималазе гӏоло. Дун гӏадамалъе вахъинавиялъе, дие лъай щвеялъе гьелъ тӏунщинаб гӏетӏ, рорчӏанщинал сардал. Гьелъул хӏакъалъулъ бицен гьабизеги кӏоларо араб заманалда гӏадин. Дун чӏаго вугебгӏан мехалда гьей кидаго дунгун йиго. Нилъее хириял гӏадамал холаро, гьезул хӏакъалъулъ бицен лъугӏуларо, гьезул цӏарал лъола цӏи гьаруразда. Дир пикрабалъги кидаго йикӏуна эбел. Гьелъие цӏакъ бокьулароан гьереси, хиянатлъи, чӏухӏи. Гьелдаса мисал босун хьвадизе хӏаракат бахъана дицаги ва гьедин малъула лъималаздаги. Амма кигӏан хӏаракат бахъаниги эмен ракӏалде щвезавизе, ай гьесул сипатсурат цебе чӏезабизе кӏоларо. Лъимерлъун вугеб заманалда дица гьев чӏаго вугиланги толаан. Инсул бронь букӏаниги, ана гьев рагъде. 1942 соналда лъукъун хадуб, гьев отпускалъ рокъовеги вачӏун вукӏун вуго ва фронталде тӏад вуссун унелъул лъадуда, ай дир эбелалда абун буго: «Хъандулай, дун чӏаго вачӏинин кколаро. Фронталда цӏакъго захӏматаб ахӏвал-хӏал буго. Дун тӏад вуссинчӏони, дур цӏобалда хутӏула васги кӏиго ясги. Васасе лъай кье, гьев цӏализаве», — ян.\nКиданиги кӏочонаро эбелалъул букӏараб захӏматаб гӏумру. Къад къоялъ колхозалдаги хӏалтӏун рокъое ячӏарай гьей, къаси ворчӏанщинахъе дида юкъарулей ятулаан. Росулъ ункъо класс лъугӏидал, вачун дунгун, лъелго, чанго къоги нухда бан, щвана Буйнакскиялде ва, инсул амруги тӏубазабун, цӏализе кьуна. Шигӏраби, назмаби гьаризе махщел букӏараб къагӏидаха эбелалъул, рос хванин абун хабар бачӏиндал гьелъ гьабураб магӏуялъ жакъаги черх цӏунцӏрахинабула, — ян бицана мунагьал чураяв Мухӏамад Гьитӏиновичас ва рикӏкӏана эбелалъ гьабураб гьаб назмуялдаса цо чанго мухъ:\nДир лачен рагӏула гӏурус ракьалда\nТушманасул гуллид керенги борлъун,\nДир гьудул рагӏула Удироялда\nКерен-ракӏ унтарал кагъталги ритӏун.\nДуца дий гьабураб къотӏи букӏинчӏищ\nЛъималазухъе мун чӏаго вуссинин,\nДуца дие кьураб рагӏи букӏинчӏищ\nРагъда чӏел босараб богун вачӏинин.\nЛаченги чучула чи гӏемерлъани –\nЦӏикӏкӏунищ дуй ккараб тушманасул хер?\nЧаранги гьацлъула цӏа гьалаглъани –\nКомандир вукӏиндал бухӏийищ щвараб.\nЗоб гъугъан гъегъ байги Германиялде\nЧан рокъов къанагӏат къанщизавурав?\nХӏарул гӏорал щваги дол фашистазде\nЧанги гъуждул гургин гуллид ворлъарал…\nБуйнакскиялъул интернаталде цӏализе лъугьарав, къинтӏ гӏурус мацӏ лъаларев Мухӏамадие цӏакъ захӏмат букӏана. Гьес чанго нухалда къасдцин гьабуна рокъове тӏад вуссине. Амма гьеб параялъго цере тӏамулаан эбелалъул берал, ракӏалде щолаан «васасе лъай кьеян» инсуца гьелъие тараб васият. Гьесда бичӏчӏулаан инсул цӏаралъе мустахӏикъав васлъун вукӏине кколеблъи. Гьев хилиплъичӏо инсул васияталъе: цӏалана, хӏалтӏана, хъизан гьабуна ва, гӏемераб гӏетӏги тӏун, яхӏ-намусалда хӏурги хъвазе течӏого вахана борхалъиялде.\nЭбелалъулги, яцазулги, хъизан-лъималазулги бицунеб мехалда кьварарав ва къамартӏав офицер тамахлъун унев куц бихьидал, унго, генералгидай гьадинав вукӏуневилан кколаан ракӏалде. Хӏакъикъаталдаги гьев вукӏана, кьвараравго гӏадинав, тамахавги инсан. Гьединав вукӏинчӏевани, кин гьес хъвазе букӏараб жиндирго хъизан Патӏиматиде гьадинаб кагъат:\nБосе кагъат, салам Дагъистаналде,\nДир Патӏиматихъе кодоб щвезабе.\nБице гьелда дир хӏал, хӏеренго кӏалъан,\nХӏасратго урхъун дун абе вугилан.\nАбе ияхӏалда кӏиго бал бугин,\nБице ияхӏалда кӏиго ракӏ бугин.\nИяхӏги, намусги ва гӏаданлъиги\nБице, нилъедаго гьеб бараб бугин.\nПатӏимат, гьаб гӏумру гӏемер захӏматго\nЗулмаби рахӏатги цоцалъги жубан,\nСардал-къоял сверун, лъагӏелал лъугӏун,\nГӏисинаб бакъаналъ къокъунеб буго.\nГӏумруялда гӏадан ващадав гьечӏо\nЩуябго гьал килщал квералда гӏадин.\nГьаб дунялалда тӏад, лъан букӏа дуда,\nЛъим тӏад биччанилан махх кунчӏуларо.\nГӏадамасулъ цебе яхӏ-намус бихье,\nБитӏараб магӏарул тӏабигӏат борце.\nБерцинаб, гьуинаб гьоболлъи цӏуне,\nГьабизе кколелъуб хӏурмат рехуге.\nРахӏатаб гӏумруги гӏолареб рахъги\nГӏадан урхъуледухъ хьвадизе гьабе.\nГьелъие ругьунай нилъер эбелалъ\nМалъараб куцалда гьабе дуниял.\nБералги данде къан дун къанщаравго\nГвардия чӏолаха дадаян цебе. Къаси кьижун макьу дир гьезий буго, Радал вахъунелъул канлъи гьел руго. Кин вугев, кӏудияв дир Хӏажимурад? Хӏелаб гӏаламалъул гӏадан вугищ гьев? Рокъоб-къватӏиб хӏурмат букӏунищ гьесул? Рекӏелъги бадибги цӏа бугищ гьесда? Цӏертӏа вилълъунаго гӏодов кколищ гьев? Гӏолохъанчиясгӏан чодул бицунищ? Шамилил хвалчадул ва херав инсул Щиб лъалеб, Патӏимат, нилъер васасда? Кӏудияв чи тӏаде вачӏараб мехалъ Хантӏан вахъун чӏезе лъалебищ гьесда? Семичкаги чӏучӏун, чӏартал ракӏарун Чӏобогояб рокъов живго чӏолищ гьев? Цӏалулъ нахъе ккарав, гӏадан тӏурарав Гӏоркьилав вахъине вугищ васасул?\nСоветияб Армиялде хъулухъ гьабизе инчӏого чӏезеги рес букӏана Гӏабдуразакъовасул: жийго хутӏарай эбел, рагъда чӏварав эмен. Амма Мухӏамад вукӏинчӏо кьерун чӏолезул мухъилъ. Гьев ана эбелалъухъе ва бицана мурад. Эбелин абуни хӏинкъун йикӏана гьев Германиялде ккелилан. Немцал, церего гӏадин, гьелъ тушбабилъун рикӏкӏунел рукӏиндалха. Кин батаниги, эбел мукӏур гьаюна ва… Мухӏамадги хъулухъ гьабизе ккана Германиялде…\nВас – генерал, эбел – маршал\n…Гьелдаса хадуб, ай батӏи-батӏиял идарабазда цӏалун, хъулухъазда хӏалтӏун, Гӏабдуразакъов вачӏана МВДялде.\nБайбихьуда гьес хӏаракат бахъулаан милицформаги ретӏун эбелалда вихьичӏого чӏезе. Амма гьесда бичӏчӏулаан кида-къадги гьелда вихьичӏого хутӏизе гьечӏеблъи. Гъежда-кӏичӏалги ран тӏоцеве гьев росулъе вачӏиндал, эбелалъ дандчӏвай гьабуна цо рокьукъго. Шагьаралда кӏудияв начальниклъун, тӏубараб республикаялъул МВДялъул хӏакимлъун вукӏун ватани, гӏагараб рокъоб, эбелалъе гьев вукӏана гьадавго лъимер.\n— Кин дуда кӏвараб гьеб иш гьабизе? Дуда лъалаангури дие мун рагъулав хъулухъчилъун вахъине бокьун букӏинчӏеблъи! Яги дир рагӏи гьанже кӏиго кепкил багьа гьечӏеб бакӏалдейищ ккун бугеб? Щай дуца гьеб иш гьабураб? — ян цӏехана эбелалъ.\n— Дун армиялда хъулухъ гьабулев гьечӏо, милициялда хӏалтӏулев вуго. Гьебин абуни думалъго батӏияб иш ккола. Гьебги цо лъица букӏаниги гьабизе кколелъулха, — ян вацӏцӏаризе лъугьана Мухӏамад.\nАмма гьесул гьел рагӏаби гьелъие хӏажат рукӏинчӏо. Рекӏел тӏиналда цо гьитӏинаб тӏанкӏ къварилъиялъул хутӏана гьелъул вас жиндихъго гӏенеккичӏолъиялда бан. Мухӏамадил цӏараз, чиназ, шапакъатаз тамах гьайизе кӏвечӏо гьей. Гьелъие гьел хӏажатги рукӏинчӏо.\nЦо кинав вугониги хӏакимгун рокъове щведалги, эбелалъ тӏоцебе гьикъулаан щай дир васас гьаб къисмат тӏаса бищарабилан. Рехсечӏого гӏоларо цо интересаб лъугьа-бахъинги. Гӏабдуразакъовасе генерал-майорасул чин кьун бугин рагӏидал, росуцоял, гӏагарлъи, гьудул-гьалмагълъи бачӏун буго эбелалъухъе:\n— Ниж дур васасда генераллъи баркизе Махӏачхъалаялде унел руго, Хъандулай, цадахъ йилълъинарищ? — ан абун буго гьез.\n— Дир васасе генераллъи кьун батани, дун гьесие маршал ккола. Виччанте гьев дихъе вачӏине, — ян жаваб кьун буго эбелалъги.\n— Эбелалъ абураб бициндал, тӏаде рачӏаразда ккун букӏун буго дун ракӏ бекун лъугьинин. Амма дие гьелъул рагӏабаз кеп щвезабуна. Хӏакъикъаталдаги гьединаб кьварараб гӏамал-хасият букӏана эбелалъул. Гьей кидаго йитӏарайги йикӏана. Дун цогидазе генерал ватаниги, эбелалдаса тӏадегӏан лъолеб жо дир щибго гьечӏо. Ана росулъе, «чурана» цӏваби. Эбелалъги хӏал лъараб жо бихьизе биччачӏо, — ян бицунаан мунагьал чурадица. — Гӏезегӏан захӏматаб, гӏакъуба-къварилъиялъулъ буцараб гӏумруялъ гьаюна дир эбел кьварараб гӏамалалъул гӏаданлъун.\nВукӏинчӏо гьелъул цониги вац. Эмен хвана хеккого. Гьезул нахъе хутӏун рукӏана ункъо яц, ункъо бесдалал. Хъизаналъул тӏолабго бакӏлъи бегана гьелъул гъуждузде. Эменги гьечӏого цин яцал, хадуб росги гьечӏого ниж гӏумруялде рахъинаризе ккани, бихьараб гӏакъуба-къварилъиялъул, кигӏан бицаниги, гьанжесеб гӏелалда бичӏчӏи щакаб жо. Эмен хваралдаса цогидасухъ балагьияли киса гурин, росасухъ бараб чӏегӏер тӏаса бахъичӏо гьелъ. Дица гӏемераб гьарулаан гьелда гвангъараб, гӏатӏидаб, рекъон кколеб горде ретӏейилан. Киса? Гьей йикӏана хиянатлъи, хилиплъи хӏехьезе кӏоларей гӏадан. Цо нухалда дица эбелалда абуна, гӏумруги хисун бугин, мунги хисизе ккелин. Гьей хичун ячӏана ва гӏумру гуреб гӏадамал хисун ругин, божилъи лъугӏун бугин кьуна жаваб.\n— Гьеле нуж, коммунистал! Нуж бихьиналищ кколел? Сталин чӏаго вугеб мехалда гьесие какал ралел рукӏунаан, гьев хведалин абуни кьурун руссун чӏана, — ян тӏадеги жубана.\nГьале гьединай ритӏухъай, кьварарай, гьитӏинаб жоялъулъцин хилиплъи хӏехьоларей эбел йикӏана дир.\nЭбелалъул, лъадул, лъималазул бицун гӏорцӏулароан Мухӏамад Гьитӏинович. Цо-цо мехалда дида ракӏалдецин кколаан хъизамалъул гурони батӏияб мацӏго лъаладай гьесдайилан. Гьедигӏанги ритӏухъав вукӏана гьев хъизамалъеги, Дагъистаналъеги, улкаялъеги.\nРокъобе ругьел\nГӏемерисеб заман хӏалтӏуда, командировкабазда тӏамулев чи вукӏиналъ къанагӏат гурони щолароан рокъове. Амма дагьабниги эркенаб заман ккедал хъизан-лъималазде ракӏ чучулаан шигӏрабаздалъун. Масала, вас гьавураб къо баркун рокъобе хъвараб гьесул кагътида руго гьадинал мухъал:\nБоржа, боржа, кагъат, Дагъистаналде,\nДир Хӏажимурадий саламги босун.\nИнсуца гьавураб къо баркулилан,\nКверги ккун, къвалги бан баэ васасда.\nБорхатаб магӏарде гӏадраги дий мун,\nГъваридаб кӏкӏалахъе гучаб иццги мун.\nЛъадари рекъараб къолденги мун дий,\nКъварилъи чучизе рохелги дий мун.\nМун гьавураб къоялъ бакъ дий гвангъана,\nМун гьавураб къоялъ къуват цӏикӏкӏана.\nЦӏорораб дуниял дие хинлъана,\nХерай эбелалъул мурад тӏубана.\nТӏегьараб, гьайбатаб, гьуинаб тӏокӏаб,\nГьудуллъи хирияб, херал рокьулеб.\nКьалулъ, рагъулъ гьунар, ияхӏ цӏикӏкӏараб\nБерцинаб гӏумру дуй гьарула дица. Хӏажимурад!\nГӏумру гӏадада уна Ургъелги, хӏурматги, яхӏги гьечӏони.\nЦӏалуйги, хӏалтӏуйги хӏал бихьичӏони,\nХӏеренлъи, гьоцӏолъи гьорой биччани.\nГьуинаб дуниял дие кьогӏлъула\nКъо ккедал хӏукумат дуца кквечӏони. Кьварараб хасият чорхолъ гьечӏони, Хӏелхӏеди, гьерсилгун гьудуллъи ккуни. Хӏажимурад! Гӏадан цӏакъ инжитлъула Вижараб ракь, росу, мацӏ кӏочон тани. Гӏагарал, божарал, вац-яц лъачӏони, Нилъер умумузул гӏадат рехани. Хӏажимурад! Дунял дуй чӏегӏерлъула Эбел-инсул хӏурмат борхат кквечӏони. Чӏалгӏаде сверулев саяхъ вахъани, Бицараб рагӏуе мун хилиплъани. Хӏажимурад! Рагӏи магӏнаялъ тола, Цӏаги, ракӏги, биги бащад гьечӏони. Босе, дир вас, кодоб кинабго лъикӏаб, Тӏекълъи, мекълъи, мацӏал, цӏогь добегӏан те. Борхатго ккве дуца черхалъул намус, Чияде иман лъун тохго хьвадуге. Кӏудияв вацасда тӏадал ишазул Гӏоркь вацасда кквезе хӏаракат бахъе. Барка, Хӏажимурад, мун гьавураб къо, Босе инсул рахъалъ урхъараб салам. Гьабе, дир вас, дуца вацасул тӏалаб, Цӏуне ясбер гӏадин яцалъул намус!\nХадурагӏи\nГӏезегӏан хӏалуцараб заманалда республикаялъул Жанисел ишазул министерствоялъе нухмалъи гьабизе ккарав чи вукӏиналъ, Гӏабдуразакъовасде тӏаде бегараб гьир букӏана цӏакъго бакӏаб. Амма гьес киданиги хӏаракат бахъичӏо гьеб гьир жиндасаго хъущтӏизабизе. Киданиги гьабичӏо чияда цебе хӏал лъараб жо. Гьединал лахӏзатазул бицунеб мехалда, Мухӏамад Гьитӏиновичас абуна:\n— Дир гӏумруялда жанир гӏезегӏан рукӏана рохаралги пашманалги къоял. Амма дица дунго талихӏав чилъун рикӏкӏуна. Щайин абуни, дица кӏвараб хӏаракат бахъана хӏалихьатаб, къадараб иш гӏумруялда жаниб ккезе биччангутӏизе. Щибаб гали тӏамуна магӏаруласул чилъиги чаранлъиги чучлъизе течӏого.\nХъулухъазе гӏоло хӏеличӏо, хӏакимлъи къваригӏун хьвадичӏо, дирго намус-яхӏалда чӏегӏераб ланг лъезе течӏо, чӏухӏи-пахрулъи рекӏелъе лъугьине биччачӏо. Дир гӏумру ана бихьинчилъи борцунеб роценги умумузул ирсалъе мустахӏикъав вукӏиналъул даражаги цӏунун.\nХӏакъикъаталдаги Мухӏамад Гӏабдуразакъов вукӏинчӏо рецц-бакъ къваригӏарав чи. Дагъистаниязда лъала гьев щивали, ва лъала гьес республикаялда гӏадамазул парахалъи цӏуниялъулъ, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏал букӏинабиялъулъ лъураб бутӏа.\nМухӏамадхӏабиб МАХӏАТӏОВ"}
{"slug": "17478-tso-tso-gadingi-kkola-rag-da", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17478-tso-tso-gadingi-kkola-rag-da", "title": "Цо-цо гьадинги ккола рагъда", "date": "2022-05-06 11:18:39", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1941 соналъул ахиралда Дальний Востокалъул микьабилеб дивизия, росабигун шагьарал фашистазул хъамалчагӏазукьа эркен гьаризе, Тамбовалъул, Курскиялъул ва Воронежалъул мухъазде рачӏана. Гьелда гьоркьоб букӏана Шодродаса Шагӏманил Ризваницаги Хӏажимурадил Мухӏамадицаги хъулухъ гьабулеб 163-абилеб рекӏаразул полкги.\nЦо нухалъ, гьужумалде иналде цере, полкалъул рагъухъаби чӏун ругеб рахъалде тушманас тӏаде разе лъугьана гумпараби. Мухӏамад вугеб рахъалда гумпараги бихъулеб бихьун, Ризван гӏедегӏана гьесда аскӏове. Мухӏамад, хварав чи гӏадин, вагъаргъичӏого, гъугъ гьавун вугоан. Гьесул каскаги борлъун, бетӏералда къан хутӏун букӏана килищгӏанасеб кесек ва къотӏ-къотӏун рукӏана килщал. Ризваница гьесул ботӏролъ къараб кесек бахъана ва, ругъналги рухьун, гьев хӏинкъи гьечӏеб бакӏалда вегизеги гьавун, полкгун цадахъ гьужумалъ ана. Гьелдаса нахъе ватӏалъарав кӏиявго гьалмагъ рагъ лъугӏун хадув гурони цоцазда вихьичӏо…\n1943 соналъул хасалихъе Ризваница хъулухъ гьабулеб полкалъ тушманасдаса бацӏцӏад гьабулеб букӏана Белоруссиялъул ракь.\n— Ефрейтор, Шагӏбанов! Мун ахӏулев вуго ротаялъул командирас, — анги абун, Ризваниде аскӏове вачӏана цо рагъухъан.\nБлиндажалъуве лъугьиндал, Ризваница, картаялда квалквалев ротныясе честьги кьун, вачӏиналъе баян кьуна.\n— Гьалмагъ Шагӏбанов, лъабго моцӏалъ цере нилъ жанир рукӏараб гьаб росулъ (картаялда бихьизабулаго) букӏана лъукъарал солдатал сах гьариялъе бугеб гьитӏинабго санчасть. Фрицазда махӏ кӏутӏараб къагӏида буго, гьез гьел тӏагӏинарун руго. Амма гьезда гьоркьов вукӏарав, лъукъун вугев нилъер партизаназул отрядалъул командир, бакӏалъул чияс вахчизавун вуго. Дуда гьел бакӏал лъикӏ лъалелъул, хӏажат буго гьев гьениса нахъе вачине. Дургун лъикӏаб гьалмагълъи букӏарав, дов мацӏ лъаларев рагӏула немцазул чуязул тӏалаб гьабулев чи. Гьезул гьесдехун божилъиги рагӏула. Гьев къойилго гӏадин чуязе хер бецизе унев вуго росдадаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб рохьалда цебе бугеб гӏалахалде. Гьесул гьакидаги лъун, командир нахъе вачиналъе тадбир гьабизе къваригӏун буго. Лейтенантас дуе нухда киналъулго инструктаж гьабила.\n10 разведчикгун нухда вахъана Ризван ва, рохьирагӏалда, мацӏ лъаларев вачӏинегӏан ралагьун чӏана.\nБакъ лъикӏаланго тӏаде бахун букӏана, кӏиго чуялда бараб гьоко рохьирагӏалде бачӏараб заманалда. Гъотӏода чуялги рухьун, мацӏ лъаларев вецаризе лъугьана. Гьеб заманалда Ризван гьабугьин гьесде аскӏове ана. Ризваница бичӏчӏизабуна, жив армиялъулаздаса тӏурун вукӏинги, гьесдаса квен-тӏехалъе кумек хӏажат букӏинги. Мацӏ лъаларесе хер бецизеги ва гьоко харил цӏезабизеги кумекги гьабун, нухда рахъана. Немцазул кӏиго пост баханиги, талихӏалъ, харда жанив вахчун вугев Ризван тӏатинчӏого хутӏана. Мацӏ лъаларес жиндирго рагьдеги бачун, харил гьоко чӏехьана. Гьениб хьихьун букӏана тушманзабазул цо чанго чу. Рагьда гьабулеб гӏархъида хер сокӏкӏунаго, тӏаде вачӏарав херас Ризванида абуна:\n— Чуязе цӏияб хер базе, дихъе лъен кье, — ян.\n— Чуял гӏорцӏун руго, — ян жиндирго пароль абуна Ризваница херасул паролалде данде.\nНемцазул патрулал гьабигун сверулел рукӏана росдал къватӏчӏван. Херасул мина-къоноялдаса гӏемерго рикӏкӏад гьечӏеб росдал басрияб школалда ругел немцазул релъахъуй рагӏулеб букӏана. Херас лъазабуна соналдаса нахъе немцаз хъаравуллъи цӏикӏкӏинабун бугин ва гьел цо кинабалиго операция гьабизе хӏадурлъулел ругилан. Хер босун бачӏунелъул хал гьабичӏого таниги, росулъа къватӏибе унелъул хал гьабизе бугин гьезин абун.\nУргъизе заман букӏинчӏо, метер къалъилалде добго бакӏалда дандчӏвазе ккола разведчикалгун. Гьединаб букӏана командирасул буюрухъ. Щиб гьабунги, партизаназул командирги вачун, гьев гьениса нахъе ине ккола. Кин? Гьеб суалалъ херавги гьевги ургъизе тӏамуна.\nМацӏ лъаларевги, херавги ва гьакида лъун вахчизавун вугев партизаназул командирги нухарегӏун, Ризван мацӏ лъаларесул бакӏалда, рукӏкӏинегӏан вахча-кьерунги вукӏун, къаси сардилъ, хьуцӏаз цӏураб рохьосахунги ун, рогьиналде нилъеразде тӏаде щвана. Нухрикьуде щведал, гьенир посталда чӏун ругел немцаз гьоко лъалхъизабуна. Мацӏ лъаларесул ва гьесда цадахъ кумекалъеян унев херасул лъикӏаланго халги гьабун, гьакида бугеб ракул махӏ чӏварабго, магӏазукъалалги ккун фрицас жибго тана. Кӏиабилеб посталдасаги рорчӏана ва бихьизабураб заманалда разведчиказде тӏаде щвана. Гьеб росулъ ва свери-къоноялда ругел тушманасул щулалъабазул бицун баян кьуна нилъер командованиялъе херасги, мацӏ лъаларесги, Ризваницаги. Тӏасиял къояз росулъе гьужум гьабуна полкалъ ва партизаназул отрядалъ. Гьениб тушманасда кьабиги щвезабун, росу эркен гьабуна. Гьеб рагъда Ризван лъукъана ва лъабго моцӏалъ госпиталалда вегизе ккана. Сахлъидал Ватӏан цӏунизе цӏидасан кодобе босана ярагъ…\nУнеб букӏана 1944 соналъул их. Польшаялъул ракь фашистаздаса бацӏцӏад гьабулелъул, ротаялъул командир Александр Стриженкоца, цо чанго солдатги Ризванги штабалде ахӏун, баян гьабуна, гьениб гӏагарда бугеб росулъ, немцазда лъачӏого, нилъер разведчиказул къокъа, патроналги лъугӏун, рахчун ругилан, гьезие кумекалъе патроналги гранаталги щвезаризе ккелин абун.\nХӏукму ккана, нух бихьизабизе ва разведчикал рахчун ругеб бакӏ лъалев гьеб росулъа партизангун цадахъ гьитӏинав лейтенант Захарченкол бетӏерлъиялда гъоркь цо чанго солдат гьениве витӏизе. Сордо букӏана цӏакъ бецӏаб ва гьури пулеб. Рохьил рацӏцӏалъуде щведал, нухда цебе канлъиги бихьун, разведчиказ гьоко лъалхъизабуна.\n— Сонцин гьениб немцазул пост букӏинчӏо, фашистал цо щиб букӏаниги жоялъе ургъараб къагӏида буго, — ян абуна бакӏалъулас.\nРагъухъабазул хӏукму ккана, рагъги гьабун, битӏахъе посталдасан ине. Щибго сас гьечӏого, циндаго посталде цебе гьоко бачӏиндал, гьенив вукӏарав хъаравулас гьоко лъалхъизабуна. Цогидав фрицас гьакида тӏад ругел кӏигоязда фонарьги речӏчӏизабун, гьел гьакидаса рещтӏинаруна. Дорегӏан чӏун рукӏана машинаги кӏиго мотоциклги. Ризваница заман бахъизабулеб букӏана, хьуцӏилъахунги ун солдатаз фашистал чӏун ругеб рахъ сверун кквезегӏан. Фрицазда бихьиларедухъ Ризваница чуялъул бохалда кӏвараб хӏалалъ тункидал гьел церехун ана.\nФонарьги бакун вугев фриц чуял лъалхъинаризе хадув лъугьаравго, Ризваница, бецӏлъиялдаса пайдаги босун, аскӏов вукӏарав тушманасул рекӏеда нус чӏвайги, нилъераз машинабазде гьужум гьабиги цадахъ ккана. Цадахъ вукӏарас, Ризваница нус чӏварасухъа автоматги бахъун, кьвагьун биччана фонарь бугесде. Фашистал рекӏеде рачӏиналде чӏвана гьезул анцӏгогӏанасев солдат ва кверде восана командир. Хадуб баянлъана гьел машина къачӏан бахъинегӏан нухда хутӏун рукӏараблъи.\nТӏасан хӏебеталъ рахараб юк баччулеб машинаялъул кузов цӏун букӏана чӏахӏиял калибралъул гӏарададул гумпараби жанир лъурал ящикӏаз. Нахъехун квералги щула гьарун, гьакида вухьана асир, ва гьевги цогидаб тушманасул бахъараб рагъулаб сурсатги цӏунун Ризванги цо солдатги гьенир толел ругин лъазабидал, Ризван тӏирун чӏана живги нужгун вилълъинилан. Лейтенантас гьесул мурад тӏубазабуна.\nРосулъе раккулеб бакӏалде щвелалде бакӏалъулас машина лъалхъизабизе тӏамуна. Росдал рагӏалда букӏана фашистазул пост. Гьезда рихьичӏого ине ккани, ине кколаан гӏагарда бугеб хьуцӏалъги хъархъазги цӏураб жаниблъиялдасан. Гьаб нухалъги Ризваница жиндиего бокьун тӏалаб гьабуна гьенире ритӏулел лъабгоясда гьоркьов живги витӏизе. Сапар букӏана хӏинкъараб ва захӏматаб. Патроназул цо-цо ящикӏ гъажалдаги чӏван, нухмалъулев бакӏалъуласда хадурги лъугьун, рачлихъе бахараб хьуцӏилъимги бахун, сордо бащалъараб заманалда тӏаде щвана гьел разведчиказде… Тӏад руссине кколаан лейтенантас бахъараб планалдаса кьуричӏого, посталдасахун. Посталде гӏагарде разведчикал щун рукӏин лъазабиялъе зодоб багӏараб ракета бакидал лейтенантас машина цебехун бачана. Посталде цебе гьеб щвелалде, разведчиказ тушманасде гуллил цӏад базабуна. Байбихьана кӏиябго рахъалдаса тушман гьоркьовги ккезавун тӏаде кьвагьдезе. Къокъабго заманалда нилъераз тушманасул пост кверде босана. Гьеб рагъда лъукъана Ризванги ва чӏвана лъабго солдатги.\nРизван вукӏинчӏо разведчиклъун, амма къо ккедал тӏадкъараб бокьараб иш, разведчикас гӏадин, бахӏарчилъиялда тӏубазабулеб букӏана гьес.\nРагъда гьарурал бахӏарчиял ишазе гӏоло, пачалихъалъ кьурал ва Ризванил керен цӏезабурал шапакъатаз нугӏлъи гьабула Ватӏан цӏунарал унго-унгоял бахӏарзазул цояв гьевги вукӏиналъе.\nРакълилаб гӏумруялда Ризван хӏалтӏана колхозалда, росдал Советалъул председательлъун, МТФялъул заведующийлъун, бригадирлъун, гӏиявехьлъун. Гьев хвана 1980 соналда.\nСалман ХӏАСБУЛАЕВ, Болъихъ район, Шодрода росу"}
{"slug": "17614-dida-kkola-rag-da-kamural-vasal-kirgo-ruk-un-gechiin-k-anabak-l-echiin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17614-dida-kkola-rag-da-kamural-vasal-kirgo-ruk-un-gechiin-k-anabak-l-echiin", "title": "Дида ккола рагъда камурал васал Кирго рукъун гьечӏин, къанабакь лъечӏин", "date": "2022-05-13 08:14:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "9 маялда Бергьенлъиялъул парад тӏобитӏана Каспийскиялдаги. Гитлерил гӏащтӏичагӏазда тӏад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тӏобитӏулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хӏукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гӏолохъабаз майдан къотӏун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул Багӏараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букӏана лейтенант Евгений Левченкохъ, бергьенлъиялъул Багӏараб байрахъгун, гьесда хаду-хадув вукӏана лейтенант Александр Галактионов.\nГитлерил фашизмалда тӏад Советияб улкаялъ Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса исана тӏубана 77 сон. Нилъер улкаялда гьеб къоялда хурхун гӏемерал тадбиралги тӏоритӏана. Лъица щиб бицаниги, чанго нухалда тарих хисизабизе хӏалбихьаниги, 9 май хутӏана нилъер халкъалъе гӏаммаб, киналго миллатазул рекӏелъ цого дандерижиялъул гьаракьгун лъалхъулеб, унго-унголъунги халкъияб байрамлъун. Сонал сверила, гӏасраби ина, амма щибаб соналъ 9 май тӏаде щвейдал наслабазул рекӏелъ цӏидасан угьдила рагъул майданалда къанщарал умумузухъ бугеб угьи, гьезул цӏаралда хъван бахъинчӏеб кечӏ, ахӏун бахъинчӏеб сарин, тӏинкӏичӏого хутӏараб магӏу…\nКӏикъого миллион бер къанщана ватӏаналъе\n9 маялда Бергьенлъиялъул парад тӏобитӏана Каспийскиялдаги. Гитлерил гӏащтӏичагӏазда тӏад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тӏобитӏулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хӏукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Пандемия жеги тӏубан гӏодобцун букӏинчӏолъиялда бан, гъоркьиса парад тӏобитӏана гӏемерал гӏадамалги гӏахьаллъичӏого. Хӏатта, гӏемерисел журналистазеги щун букӏинчӏо гъоркьиса гьенир гӏахьаллъизе рес. Исана щвана.\nСагӏат ичӏго тӏубазе дагьалго минутал хутӏидал, щвана Каспийскиялъул Ленинил цӏар лъураб майданалде. Гьениб кинабго хӏадурун букӏана парадалде. Трибунаялда аскӏор кьерухъе лъурал бакӏазда хӏурматиял гьалбадерие тарал бакӏал чӏорого ругоан жеги. Нахъехун кьерда гӏодор чӏарал чагӏазда цадахъ кӏусун ругезда гьоркьоб берчӏвана Миллияб политикиялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовасдаги, Хъвадарухъабазул Союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовасдаги, имам Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасдаги.\nМайданалъул бащалъи ккун букӏана къамартӏго ретӏа-къарал, хъахӏал квердаххелал тӏад ххурал, автоматги каранде къан эхетарал гӏолохъабаз. Хъахӏаб, хъахӏилаб, гӏурччинаб кьералъул рагъулаб ретӏел гьезда цӏакъ рекъон букӏана. Жалгоги гьел цӏакъ рекъон рукӏана гьеб къоялъ Каспийскиялъул аслияб майдан бакьулъ. Гӏадамазул ракӏал рази гьаризе хӏадурго, хӏухьел ккун, Парад байбихьиялъухъ ралагьун чӏун рукӏана аскариялги. Сагӏат анцӏго тӏубазе цо минут хутӏарабго гӏадамазда гьоркьоб лъалаго багъа-бачари лъугьана. Киназулго кӏвар гьенибехун буссана. Хъахӏаб Рукъалъул хӏакимзабаз бакьулъеги ккезавун вачӏунев республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасде буссана киназулго кӏвар. Рохалилаб къоялъ гурони тӏад ретӏунареб гӏурччинаб кьералъул генераласул ретӏелги ретӏун, орденмедалаз къалъизабураб керенгун вачӏунев вугоан гьев. Хадуб бехъерхъун жидерго алаталгун, гьев гӏужие восизе рекерана журналисталги телеоператоралги. Цересел кьерда ругел гӏадамазул кверги босун, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеранасда ва дагьав цевегӏан Украинаялдаса вуссарав Донбассалъул бахӏарчи Марат Халикъовасда аскӏов гӏодов чӏана республикаялъул бетӏер.\nГьединаб сурат букӏана парадалда цебе Каспийскиялъул майданалда.\nБергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гӏолохъабаз майдан къотӏун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул Багӏараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букӏана лейтенант Евгений Левченкохъ, бергьенлъиялъул Багӏараб бай- рахъгун, гьесда хаду-хадув вукӏана лейтенант Александр Галактионов. Кӏиясдаго хьолбохъ ва цеве-це- ве вилълъунев лъаб-лъаб офицерги вукӏана. Къокъ гьабун абуни, Бер- гьенлъиялъул парадалда, Москва- ялъул Багӏараб майданалда, нилъеда цебеккунги бихьараб къагӏидаялъ гьабулеб букӏана кинабго. Парад рагьана Каспийскиялъул флотилиялъул нухмалъулесул заместитель, контр-адмирал Анатолий Долговас.\nПарад къабул гьабурав флотилиялъул штабалъул нухмалъулев, контр-адмирал Николай Якубовскияс, кьерухъе чӏарал рагъухъабазда цевеги лъалхъун иргадал гьезда бар- кана Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 77 сон. Щибаб баркиялдаса хадуб гьурраги ахӏана. Контр-адмирал нахъвуссун трибунаялде цеве щва- равго, дикторасул гьаракьалъ лъаза- буна гьабсагӏат президент кӏалъазе вугилан. Кӏудияб телеэкраналдаса киназдаго вихьана Москваялъул Багӏараб майданалъул бакьулъ эхета- рав Владимир Путин\n9 маялда Парадалъухъ балагьун рукӏун ратани, нужеда рагӏун ба- тила исана гьесул кӏалъай тӏубанго батӏияб букӏараблъи. Путинил гьаракь исана кьварун букӏана. Украинаялда рагъул кор боркьизе хӏаракат бахъарал СШАялъул ва гьезие «гъоркьпалугьанлъи» гьабурал пачалихъаздаса бугеб ракӏхвей бахчулеб букӏинчӏо президентас.\n«Дихъе ярагъ кьун буго, кьварарал умумуца»\n«Гъоркьиса декабралда нижеца хӏалбихьана НАТОялъул нухмалъиялъулгун ракълилал кӏалъаял гьаризе. Би тӏей чӏезабизе ва гӏадамазда тӏад гьабулеб зулму лъугӏизабизе ахӏана нилъер улкаялъ гьел. Амма гьез нижер гьариялъухъ гӏинтӏамичӏо. Тӏадежоялъе гьел тӏадчӏун хӏадурулел рукӏун руго Украинаялъул Донбассалда рагъул кор тӏадеги гьелегьинабизе. Рагъулаб къуватги яргъил сурсатги цӏикӏкӏинабизе ургъулел ратана гьел. Гьеб буго нахъегӏанал гӏащтӏичагӏазул ва къабихӏал зулмучагӏазул вахӏшияб сиясат.\nГьезие бокьун букӏана жидерго мурадазда рекъон Россияги хӏалтӏизе, жидерго зурмида гъоркь нилъер улкаги кьурдизабизе. Амма нилъер кӏудияб улкаялъул инсанияталда, ватӏаналда, жиндирго халкъалда цере ругел ишалги мурадалги думалъго батӏиял руго. Эбелаб ватӏан цӏунизе, гьелъухъ ахирияб рухӏ барахщичӏого кьезе хӏадурал, бахӏарчиял гӏадамал нилъер рукӏин гьезда кӏочон батана. Амма нилъ эбелаб гьаялъе абадиялъего ритӏухъаллъун рукӏин нилъеца бихьизабуна хӏалихьатаб агьлуялда.\nЖакъа Багӏараб майданалда эхетун руго нилъер кӏудияб улкаялъул рикӏкӏен гӏемерал рагъулал бутӏабазда хъулухъ гьабулел лебалал васал гурелги, Украинаялда хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъи гьабулел рукӏарал гӏолохъабиги. Гьел гьанире рачӏана Донбассалда- са, битӏахъего, рагъул кор гьелегьун букӏараб рагъул майданалдаса.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гӏаммав тушманасда данде рагъулел советиял аскаразда гъорлъ гӏемер рукӏана Украинаялдаса азаазар рагъухъанги. Доб мехалъ нилъ вацлъиялда, берцинлъиялда рукӏана. Нилъеда кидаго кӏочон теларо гьезул цӏарал. Жакъасеб Украинаялъул аслуго билараб цӏияб наслуялда кӏочон таниги, гьезул бахӏарчиял ишалги цӏарги нилъеда кӏочон гьечӏо.\nГьединго кӏочон гьечӏо нилъеда союзалъулаб армиялда цадахъ гъеж гурун, Гитлерил гӏащтӏичагӏазда данде рагъулел рукӏарал СШАялъул рагъухъабиги. Дида лъазабуна жакъасеб парадалда гӏахьалъи гьабизе бокьун рукӏарал, чӏаго хутӏарал ветераназе СШАялъул нухъмалъиялъ нух къан бугин жакъа гьанире рачӏине. Амма дица жакъаги бетӏер къулула СШАялъул ветераназе, 77 соналъ цере дир умумулгун цадахъ гьез хӏехьараб къоялъухъ, баччараб захӏматалъухъ ва бищунго аслияб жо — гьез тӏураб биялъухъ.\nБакътӏерхьул улкабазе бокьунилан, тарих жакъа хисуларо. Гьез нахъе хъвагӏазе гуро нилъер умумуз ункъо соналъ би тӏураб Ватӏаналъе гӏоло. Гьезул бидуца хъвараб тарих нахъе бикӏизе жакъа лъилниги ихтияр гьечӏо ва гьезул къуватгун бажариги гӏоларо гьелъие.\nЧӏахъаги нилъер Кӏудияб Бергьенлъи. Рагъда къанщарал нилъер умумузе абадияб рецц. Гьурра!»\nГьединаб, кӏудияб магӏна жаниб лъураб, кӏалъай гьабуна президен- тас. Гьел рагӏабаз чанги чиясул рекӏелъ би гьалдезабун батила. Ва чанги гӏолохъанчиясулъ цӏидасан ярагъ кодобе босизе бугеб гъирашавкъ борчӏизабун батилеблъи хӏакъаб буго.\nГьесдаса хадув кӏалъана нилъер республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги. СШАялъул ва бакъбаккул улкабаздехун бугеб ццимги рокьукълъиги загьир гьабуна гьес.\nМеликов кӏалъан вахъиндал, улкаялъул гимналъухъги гӏенеккун, майдан къотӏун ана парадалъул гӏахьалчагӏи. Кьералда, каранде автоматалги къан, разиял гьурмалгун цересан унел гьезухъ балагьидал, рохалил ва чӏухӏиялъул асар рещтӏуна рекӏелъ. Буго Бергьенлъиялъул Парадалда жанибги цо бицун бажарулареб берцинлъиги, балъгояб къуватги, эбелаб ватӏаналдаса бугеб чӏухӏи цебе рехулеб борхалъиги.\nКаспийскиялъул ахирияв ветеран\nПарадалъул официалияб бутӏа лъугӏигун, цоцада аскӏоре инеги, суратал рахъизеги эркенго рукӏинеги рес щвана гӏадамазе. Гьениб лъай-хъвай ккана дир Каспийскиялда гӏумру гьабун вугев Гӏахъуша районалдаса Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран Муса Багьавудиновасулгун. Исана гьес бан буго 98 сон. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул Каспийскиялда, жакъа чӏаго ругезул, цо гьев гурони ватиларин хӏисаб гьабуна дица. Кин батаниги, рагъул ветераназул гьев тун батӏияв чи 9 маялъул парадалда вукӏинчӏо. Киназулго пикру гьесдехун буссун букӏана. 98 сон барав ветеранасухъ къокъабго букӏаниги, интервью босизе ирга щоларого рукӏана республикаялъул ва федералиял телеканалазул журналистал. Гьезул гурулъа цевеги ворчӏун, диеги рес щвана гьесие чанго суал кьезе. Кӏиго кӏудияв вац чӏванилан чӏегӏер бараб кагъат бачӏун хадуб, 1943 соналъул риидал ун вуго Гӏахъуша районалдаса гӏолохъанчи Муса фронталде. Рагъул нух байбихьун буго Кавказалдаса тушман эркен гьавулаго. Вагъулаго Сталинградалде, гьениса Европаялъул ракьалде щун вуго Муса Багьавудинов. Чехиялъул тахшагьар Прагаялда лъукъун вуго. Лъукъел захӏматаб батун, тохтурзабаз госпи- талалдаса рокъове валагьизавунин жив 1945 соналъул их тӏаде щола- гоян бицана гьес. Бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ рохалилаб хабар гье- сухъе щун буго инсул росулъе нахъ вуссун хадув. 98 сон баниги, гӏураб чӏаголъиялда вугоан гьев.\nГьединаб букӏана 9 маялъул Парад Каспийскиялда. Тахшагьар Махӏачхъалаялда, гьединго респу- бликаялъул киналго шагьараздагун районазда «Хвелгьечӏезул аскар» абураб акцияги тӏобитӏана. Рагъдаса руссинчӏел жидерго умумузул сураталги кодор ккун, гьеб къоялъ къватӏиве вахъана аза-азар чи. 2012 соналда Сибиралъул ракьалда, Томск шагьаралъул жамгӏиял хӏаракатчагӏаз кьучӏ лъураб гьеб акциялъул рахъ ккуна тӏубараб улкаялъ. Пандемиялъул заманалда гьоркьоб къотӏун букӏараб гьеб бергьун кӏудияб тадбиралъ исанаги миллионал наслабазул вакилзаби цолъизаруна.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "17616-tsiadulgun-l-el-balagal-nakh-chivayal-ul-bitsana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17616-tsiadulgun-l-el-balagal-nakh-chivayal-ul-bitsana", "title": "Цӏадулгун лъел балагьал нахъчӏваялъул бицана", "date": "2022-05-13 08:20:40", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "10 маялда республикаялъул нухмалъиялда букӏараб данделъиялда бицана гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалалги цӏа ккеялъул хӏужабиги цереккунго нахъчӏваялъул, гьединго нагагьлъун гьединал хӏужаби ккани, гьезул заралалъул хӏасил лъугӏизабиялъе щиб гьабилебали.\nГьанжегӏагар Красноярск краялда цӏадуца гьабураб заралги ккана гьеб данделъи тӏобитӏиялъе гӏиллалъун. Гьороца добе-анибе цӏаги босун, 60 росдае зарал ккун буго гьениб, анкьго чиги хун вуго.\n2010 соналдаса нахъе нилъер гьанир мугӏрузул районаздаги 11 бакӏалда ккана кӏудиял цӏаял. Гьелдалъун гӏадамазе 700 миллион гъурщил заралги ккун буго.\nАмма гьединал бакӏазде цӏа свинабизе унелъул мугӏрул-щобал ругеб бакӏ букӏиналъ, квал-квалги кколеб буго МЧСалъул кӏуди-кӏудияб техникаялъе. Гьедин ахирал соназда бакӏ-бакӏалда гӏуцӏун буго цӏа свинабулезул анцӏго пост. Гьенир хӏалтӏула гӏадатиял гӏадамал.\nГьединго санайилго гӏорал къватӏире кӏанцӏиялда хӏинкъи букӏуна Бабаюрт, Гъизляр, Хасавюрт, Гъизилюрт районазда. Гьелда бан Сулахъ, Терек, Самур гӏоразда цӏуна-къаялъул хӏалтӏаби гьарулел рукӏиналъулги бицана данделъиялда."}
{"slug": "17617-rag-ul-kh-ulukh-chagiazul-kh-izamazul-tialabalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17617-rag-ul-kh-ulukh-chagiazul-kh-izamazul-tialabalda", "title": "Рагъул хъулухъчагӏазул хъизамазул тӏалабалда", "date": "2022-05-13 08:30:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "10 маялда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчӏвана Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда чӏварал рагъулал хъулухъчагӏазул хъизан-лъималгун.\nГьезда зигараги бан, сихӏкъотӏиялъул лахӏзаталдаса хадуб Меликовас абуна гьел гӏолохъабаз такрар гьарунин Кӏудияб Ватӏанияб рагъда жидер умумузулго ишал.\nГьединго бицана гьезул хъизаназе киналго рахъалъан кумек гьабизе хӏукуматалъул идараби хӏадур рукӏине кколиланги. Федералиябгун республикаялъул даражаялда гьезда кверчӏвазе бугеб куцалъул бицана ДРялъул рагъулав комиссар Даитбег Мустӏафаевасги захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовасги."}
{"slug": "17618-rosabal-minabi-raleze-giarats", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17618-rosabal-minabi-raleze-giarats", "title": "Росабалъ минаби ралезе-гӏарац", "date": "2022-05-13 08:33:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазе минаби разе ва росизе пачалихъалъ гӏарац кьезе буго «Комплексное развитие сельских территорий» абураб программаялда рекъон.\nГьединаб хӏукму гьабуна ДРялъул росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министерствоялъ гьал къоязда.\nГьединал мурадазе Дагъистаналда квадратияб цо метраялъухъ кьолеб социалияб гӏарцул къадар кколеб буго 9 азаргогун 120 гъурущ. Гьелда тӏадеги росабалъ ругел минабазухъ гьединаб гӏарац кьолелъул квадратияб цо метраялъул багьа гьабула 30400 гъурущ абун. Гьедин, масала, цо чиясе щвезехъин буго лъабнусазаридасаниги цӏикӏкӏун гъурущ, кӏиго чиясе – 383040 гъурущ.\nПалхӏасил, гьединаб гӏарац щвеялде хӏажалъи бугев чияс гӏарза кьезе ккола жинца гӏумру гьабулеб районалъул (росдал) администрациялде."}
{"slug": "17620-bishchungo-giemer-majning-fermabi-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17620-bishchungo-giemer-majning-fermabi-dag-istanalda", "title": "Бищунго гӏемер майнинг- фермаби – Дагъистаналда", "date": "2022-05-13 08:34:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 маялда ДРялъул МВДялъулгун ФСБялъул хӏалтӏухъабаз Махӏачхъалаялда рейдал гьарулаго тӏатинарун руго криптовалюта хӏадуризе хӏажалъулеб 1476 аппарат. Масала, гьел алатал лъураб цо майнинг-ферма гьанжего-гьанже балеб минаялъуб батун буго гьезда.\nГьел фермабазул бетӏергьабаз бухӏараб токалъухъ цӏакъго дагьаб гӏарац кьолеб букӏиналъ гьезда щаклъун руго закон цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби.\nСКФОялда босани, бищун гӏемер майнинг-фермаби Дагъистаналда ратулел руго. Гьедин ахираб лъабго соналда жаниб тӏатинабураб 60 фермаялъул кӏикъогояб нилъер гьаниб батун буго.\nГьединго Россиялъул Цӏехрехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъ гьал къоязда судалде битӏун ана Игьали росдал депутатасда хурхараб уголовнияб дело. Гьениб хъвалеб буго Временный посёлокалда майнинг-фермаги лъун, гьес пачалихъалъе анлъго млн гъурщил зарал гьабун бугила токги бикъун. Гьелъулъ гьесие кумек гьабун буго «Дагэнергоялъул» хӏалтӏухъанас.\nГьеб ферма Временныялда тӏатинабун букӏана гъоркьисала 25 ноябралда."}
{"slug": "17621-vagab-minbulatovasul-khiurmatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17621-vagab-minbulatovasul-khiurmatalda", "title": "Вагьаб Минбулатовасул хӏурматалда", "date": "2022-05-13 08:38:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДГПУялда тӏобитӏана «Физкультура ва спорт цебетӏезабиялъул гьанже заманалъул аслиял суалал» абураб темаялда Тӏолгороссиялъул гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелъул хаслъи букӏана педагогикиял гӏелмабазул доктор, СССРалъул лъай кьеялъул отличник, Россиялъул тӏабигӏиял гӏелмабазул профессор Вагьаб Минбулатов ракӏалде щвезави. Вагьаб гьавуна 1939 соналъул 4 маялда Казбек районалъул Гуни росулъ. 1966 соналда лъугӏизабуна Москва областалъул педагогикияб институт, хӏалтӏана школалда учительлъун ва Дагъистаналъул педагогикияб университеталда мугӏалимлъун, физкультурияб факультеталъул деканлъун ва хадуб гьес педуниверситеталда цебе гӏуцӏана хасаб физкультураялъулгун спорталъул институт ва чанго соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна. 1984-1987 соназда В. Минбулатов хӏалтӏана Кубаялъул тахшагьар Гаванаялда, Энрико Хосе Баронил цӏаралда бугеб тӏадегӏанаб лъай кьолеб идараялда, советник-консультантлъун.\nВагьаб Минбулатов ккола СССРалъул тӏадегӏанаб лъай кьеялъул идарабазда хӏалтӏизабулеб физкультураялъул дарсал кьеялъул методикаялъул учебникалъул автор. Гьитӏинаб Гуни росулъа вахъарав гӏалимчияс цӏализаруна республикаялда рахъарал киналниги Олимпиялъул хӏаязда, батӏи-батӏияб даражаялъул чемпионатазда бергьенлъаби росарал спортсменал. Республикаялдаги улкаялдаги физкультура ва спорт цебетӏеялъулъ гьесул кӏваралъул бицана кӏалъазе рахъарал университеталъул ректор Н. Асваровас, спортивиял къагӏидабазул кафедраялъул заведующий Т. Мансуровас, Москваялдаса гӏелмабазул доктор, профессор, спорталъул Олимпиял хӏаязул бутӏабазул лабораториялъул хӏалтӏухъан В. Никитушкиница, Москваялъул юридикияб университеталъул физкультураялъул факультеталъул кафедраялъул заведующий, гӏелмабазул доктор, профессор Н. Чесноковас, Дагъпедуниверситеталъул педагогикияб лъай кьеялъул институталъул директор М. Хӏайбулаевас, ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министр С. Сажидовас, «Олимпиялъул хӏаязул резервалъул училищеялъул директор, Россиялъул мустахӏикъав тренер М. Хӏусеновас, СССРалъул щуцӏул чемпион, социологиял гӏелмабазул доктор, профессор, СССРалъул мустахӏикъав тренер Ю Шахмурадовас, Дагъистаналъул бетӏерасда цебе бугеб Жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель З. Ильясовас, СССРалъул спорталъул мастер М. Юсуповас, гӏелмабазул доктор, профессор, ДГПУялъул кафедраялъул заведующий Д. Моллаевас ва гьел гурел цогидазги.\nКонференциялда гӏахьаллъизе Москваялдаса ва цогидал шагьараздаса рачӏарал гьалбадерие баркала кьун кӏалъана В. Минбулатовасул вац Гӏ. Абакаров ва Вагьабил вас Артур Минбулатов.\nКонференциялда гӏахьаллъизе жидерго разилъи загьир гьабун кӏалъаял ва докладал ритӏун рачӏана Россиялъул къогониги шагьаралдаса. Гьеб тадбир гьабизе хӏаракат бахъарал ДГПУялъул физкультураялъул факультеталъул нухмалъулез хӏукму гьабуна конференциялда гьарурал докладал ва кӏалъаял данде ракӏарун хасаб тӏехь бахъизе."}
{"slug": "17623-donetskal-ul-majdanalda-l-una-nurmukhiamad-khiazhimukhiamadovasul-tsiar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17623-donetskal-ul-majdanalda-l-una-nurmukhiamad-khiazhimukhiamadovasul-tsiar", "title": "Донецкалъул майданалда лъуна Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар", "date": "2022-05-13 08:43:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Донецкиялда Конституциялъул майданалъе кьуна Россиялъул Бахӏарчи Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар.\nГьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна ДНРалъул нухмалъулев Денис Пушилиница, Бахӏарчиясул цӏарги босун хварав нилъер ракьцоясул эмен Энгельс Хӏажимухӏамадовас, гьединго Донецк шагьаралъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Кулемзиница.\nОфициалияб тадбир лъугӏун хадуб, Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар тӏад хъвараб мармаралъул къоноялда цере тӏугьдул лъуна киназго. Гьеб майдан буго Донецк шагьаралъул бакьулъ, Кальмиус абураб гӏоралда аскӏобегӏан.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "17624-kiudiyab-siyasatal-ul-k-urbanishch-yagi-rokul-asirishch-shamilil-vas-zhamaludinilgi-giurus-generalasul-yas-lizalgi-khiak-al-ul-kino", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17624-kiudiyab-siyasatal-ul-k-urbanishch-yagi-rokul-asirishch-shamilil-vas-zhamaludinilgi-giurus-generalasul-yas-lizalgi-khiak-al-ul-kino", "title": "Кӏудияб сиясаталъул къурбанищ яги рокьул асирищ? Шамилил вас Жамалудинилги гӏурус генераласул яс Лизалги хӏакъалъулъ кино", "date": "2022-05-13 08:48:05", "categories": ["kkara-tar"], "text": "26 маялда улкаялъул кинотеатразда бихьизабизе буго имам Шамилил вас Жамалудинилги гьесие йокьун йикӏарай гӏурус яс Лиза Оленина-ялъулги хӏакъалъулъ «Аманат» абураб фильм.\nПремьераялда цебе гьеб бихьизабуна Махӏачхъалаялдаги, Гъунибги, Астраханалдаги. Гьеб бахъана «Даггер фильм» ОООялъ. Гьелъул ге- нералияв директор Шамил Жафаров ккола фильмалъул продюсерги. Фильмалъе режиссёрлъи гьабуна Антон Сиверсицаги Рауф Кубаевасги.\nИмам Шамилил роль хӏана нилъерго ракьцояв (лъарагӏ миллаталъул) Арслан Мурзабековас. Гьев гӏезегӏан фильмазда гӏахьаллъана. Масала, «Салам, Масква», «Как я стал русским» фильмазда, гьединго М. Лермонтовасул «Герой нашего времени» асаралда рекъон бахъараб фильмалда Казбичил роль хӏалеб букӏана гьес.\nШамилил вас Жамалудинил роль хӏана Майкопалдаса адигав Амин Хуратовас, Лизал — Варвара Комаровалъ. Гьединго гӏурусазухъе аманаталъе кьолеб мехалда вукӏарав, гьитӏинав Жамалудинил роль хӏана Арслан Мурзабековасул вас Камилица.\nГьединго фильмалда гӏахьаллъана машгьурал актёрал — Андрей Соколов, Екатерина Гусева, Даниил Страхов, Фархад Махӏмудов, Нина Гизбрехт\nАвартеатралъул актрисаби – ДРялъул халкъияй актриса Наира Хӏабибулаевагун Патӏимат Гӏисаеваги рукӏана гьенир. Жеги Гъуниб районалдаса гӏадамалги рукӏана рихьулел къокъал ролазда.\n«Аманаталда» тӏад хӏалтӏарал продюсерасегун режиссеразе ва актеразе тӏадегӏанал шапакъаталги баркалаги кьуна республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас.\n2018 соналдаго байбихьараб гьеб фильм бахъи гьоркьоб къотӏизе тун букӏун буго пандемия лъугӏизегӏан.\nМахӏачхъалаялда Cinema Hall кинотеатралда бихьизабулеб гьелде рачӏун рукӏана ДРялъул премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, хӏукуматалъул вакилзабиги, журналисталги, студенталги, искусство бокьулелги, жеги чанго батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадатиял гӏадамалги.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас гьениб абуна гьеб фильм нилъер гӏолилазда бихьизе кколин чара гьечӏого, гьезда лъазе кколин нилъерго тарихги, умумуз тӏаса бищун букӏараб нухги, гьел куцазе кколин умумузул бихьинчилъиялъулги, къохӏехьеялъулги, Ватӏан бокьиялъулги мисалазда.\nПремьерасул пикруялда рекъон, гьеб фильмалъ квербакъизе буго жеги цӏикӏкӏун нилъ, улкаял- да гӏумру гьабулел батӏи-батӏиял гӏадамал, цолъиялъе.\nТӏаде балагьун фильм бахъун буго гьанжесел технологиялги хӏалтӏизарун, гӏезегӏан гӏарацги харж гьабун. Жамалудинил роль хӏалев адигав Амин Хуратовасги Шамилил роль хӏалев Арслан Мурзабековасги, гьединго цогидазги, балагьаразе асар гьабуледухъ, ракӏ тӏаде цӏаледухъ хӏалеб бугоан. Хасго гьанжелъагӏанги цӏунун хутӏарал чӏахъадерил некӏсиял минабахъ рахъарал съемкабазги божизарула киноялда бихьизабулеб хӏакъикъат ХӀX гӏасруялъул бащалъиялда ккараб букӏиналда.\nАмма гьелдаго цадахъ цо-цо суалал рижичӏогоги хутӏичӏо. Масала, фильмалъе сценарий хъван буго «Даггерфильм» ОООялъул генералияв директор Шамил Жафаровас. Тарихчияс гӏахьаллъи гьабунищ гьелда гъорлъали, мухӏканлъичӏо.\nГьединго кутакалда гӏажаиблъизе бачӏана имам Шамилил цӏаралдаса кӏалъалев Мурзабековас бицунеб магӏарул мацӏалда. Гъоркьан гӏурус мацӏалда титрал кьечӏелани, цо-цо бакӏал тӏуранго ричӏчӏизецин рукӏун ратиларо. Хӏалицаго рахъулел ругоан актёрас магӏарул хӏарпал яги гьел рахъичӏогогицин толел рукӏана гьес («хечо» — гьечӏо, «букана» — букӏана). Гьедигӏан кӏудияб зулму актёрасда тӏадги гьабичӏого, яги гьеб ролалъе батӏияв чи (магӏарулав) вищизе бегьулароандай, ялъуни хас гьабун Мурзабеков къваригӏун вукӏун ватани, гьесул кӏалдиб лъезе бегьулароандай магӏарул чияс абулеб аудио?\nГьединал суалал дица Арслан Мурзабековасеги кьуна. Битӏараб бицани, жинда лъаларин, магӏарул актёр щай вищичӏевали, амма жиндир мацӏалда тӏад гӏезегӏан хӏалтӏулелги рукӏанин мукӏурлъана гьев. Хадубго махсара гьабуна жиндир анкьумумул магӏарулал рукӏаниланги.\nФильм лъугӏун хадуб гьебго суал режиссёр Рауф Кубаевасеги кьуна. Гьес абуна жив вугин кӏиабилев режиссёр, жинда тӏад гьеб хӏалтӏи къараб мехалда актёрал тӏаса рищун ратанила. Хадубго тӏаде жубана, мацӏ кинаб батаниги, Арслан Мурзабековасда кӏолеб бугила имам Шамилил гӏамал-хасият бихьизабизе. Гьеб бугила гьениб бищун аслияб рахъ.\n— Фильмалда цӏакъ берцинго бихьизабулеб буго Кавказалъул рагъул заманалда Санкт-Петербургалдаги магӏарухъги букӏараб хӏакъикъат. Масала, Сугъралъе унеб бакӏалда гьез гьарурал декорациял руго унго-унголъунги Шамилил заманалда магӏарулаз ралел рукӏарал рукъзабазда релълъарал. Гьел гьанже сугъулдерил музеялъе сайгъат гьаруна доз.\nАмма дир ракӏ рекъечӏеб жо ккана имам Шамилил роль хӏалев вукӏарав актёрас бицунеб букӏараб магӏарул мацӏ. Батӏияб мацӏалъул чи вугоан гьев, хӏалица магӏарулалъ кӏалъалев. Гьалгощинал магӏарул актёралги ругеб мехалда цониги чийищ продюсерасда ватичӏев гьеб ролалъе мустахӏикъав? Фильмалъухъ балагьулел чагӏазул аслияб къадар гӏицӏго магӏарулал гуреллъидалин, батӏи-батӏиял миллаталлъидалинги ракӏалде ккун батилаха режиссёрасдаги продюсерасдаги. Амма фильмалъ гьабураб лъикӏаб асаралъул иш лъугӏизабуна гьев актёр кӏалъалев рагӏидал.\nДица гьебго пикру фильмалъул презентациялдаги загьир гьабуна, — ян бицана гьелъ.\nФильмалда аслияб бакӏ кколеб буго Жамалудинилги гӏурус генераласул яс Лизалги тӏубачӏеб рокьуца. Гьединлъидал гьелдалъун лъугӏизеги тана, сах гьавизе витӏараб бакӏалда Кӏаратӏа гьев вукъиялъулги цогидалъулги биценги гьабичӏого. Амма художественнияб фильм хӏисабалда гьениб кинабго тарих рагӏа-ракьанде щун бихьизабизе тӏадабги гьечӏо. Сценаристасулги режиссёрасулги жидерго рукӏуна тӏалабалги мурадалги.\nАмма гьез жаваб балагьулеб суал батӏияб бугоан — унго-унголъунги щиб гьир Жамалудинида тӏаде бегун букӏараб: рокьул асирлъиялъулищ яги кӏудияб политикаялъул къурбан- лъиялъулищали.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "17630-resuk-al-kh-izamaze-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17630-resuk-al-kh-izamaze-kumek", "title": "Ресукъал хъизамазе кумек", "date": "2022-05-13 09:39:19", "categories": ["obshestvo"], "text": "11 маялдаса нахъе Россиялъул гӏемерисел хъизамазе цӏияб пособие кьолеб буго. Президентасул указалда рекъон, тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе 8-17 сон базегӏан лъималазе щибаб моцӏрое пособие кьезе бихьизабун буго. Гьеб щвезе гӏарзаби къабул гьаризе 26 апрелалдасаго байбихьун букӏана. Гӏарза къабул гьабуразе щуго къоялда жаниб бачӏине ккола гӏарац. Жакъа къоялде щвезегӏан гӏарзаби кьун руго кӏигогун бащдаб миллионалдаса цӏикӏкӏун чияс. Ресукъал хъизамаздаса 8-17 сон базегӏан лъималазе кьолеб пособиялъе биччан буго 505 млрд гъурущ.\nПособие кьолеб буго гӏумру гьабизе хӏажатаб къадаралдаса дагьаб гӏарац бачӏунел хъизамазул лъималазе. Гьединго мал-мулкалъул рахъалъулги хӏисаб гьабула.\nБайрамкъоязул ахиралде щвезегӏан гӏарза кьуразе гӏарац щвезе рес буго 11 маялдаса нахъе. Гьелде щвезегӏан гӏарза кьечӏезе рес буго октябралде щвезегӏан документал хӏадур гьаризе. Гьеб заманалда жаниб гӏарза кьуразе тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе, октябрь моцӏалде щвезегӏан кьезе кколеб букӏараб гӏарац цадахъго кьола.\nПособиялъул къадарги хъизамалъул ресалъухъ балагьун батӏибатӏияб буго. Регионалда лъималазе гӏумру гьабиялъе хӏажатаб къадаралъул гӏарцудаса 50 процент ккола гӏемерисезе кьолеб выплатаялъул къадар. Гьединго, цӏакъго ресукъал хъизамазе пособие щвезе буго цо лъимералъе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралъул 75 яги 100 процент. Улкаялдаго гьоркьохъеб хӏисабалда гьеб ккола 50 процент – 6000 гъурущ, 75 процент – 9000 гъурущ, 100 процент – 12000 гъурущ.\nНилъер республикаялда лъималазе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул гӏодобегӏанасеб къадар 11499 гъурущ бихьизабун буго. Нилъер регионалда лъималазе бихьизабураб гӏумру гьабиялъе хӏажатаб гӏодобегӏанаб къадаралдаса 50 процент ккола 5749 гъурущ, 75 процент – 8624 гъурущ.\nГӏарац щвезе ккани…\n8-17 сон базегӏан лъималазе пособие щвезе ккани, гӏицӏго хъизан ресукъаб букӏин гӏоларо. Жиндаса налог кьолеб хӏалтӏи, хайир букӏине ккола эбел-инсул ва гьезулго хъизамалдаса 18-23 сон барал лъималазул (гьезул жидерго хъизан батичӏони).\nХъизамалъул лъагӏалил хайир (харж) хал гьабулеб заманалда жаниб хъизамалъул 18 сон барал вакилзабазул букӏине ккола захӏматалъул, предпринимательлъиялъухъ яги творческияб пишаялъухъ щвараб харж, яги гьеб харж бачӏунгутӏиялъе къабул гьабизе бегьулеб гӏилла. Гьединго хъизамалъул букӏине бегьуларо кколелдаса цӏикӏкӏун мал-мулк. Масала, хъизамалъул букӏине бегьула цо квартира, гьениб цо рукъ яги квартираялъул бутӏа. Квартираби цӏикӏкӏун ругони, хъизамалъул щивав чи рикӏкӏун квартирабазул манзил 24 квадратияб метралдаса тӏаде цӏикӏкӏун букӏине бегьуларо.\nПособие кьезе инкар гьабуларо цо мина бугони. Чанго мина бугони, гьенибги хъизамалъул щивав чиясе 40 квадратияб метралдаса цӏикӏкӏун букӏине бегьуларо.\nБукӏине бегьула: цо гараж яги машина лъолеб бакӏ. Гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе кӏигоги бегьула.\nШагьаралда мина базе ракьул участокалъул 0,25 га яги росулъ цо га бегьула.\nГӏадан жанив чӏолареб цо бакӏ (нежилое помещение). Цо гама яги раса. Цо автомобиль яги мотоцикл. Гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе кӏигоги бегьула. Гьединго кӏи-кӏи транспорт бегьула — хъизамалда цояв инвалид вугони яги социалияб квербакъи хӏисабалда гьезие пачалихъалъ транспорт кьун бугони.\nБихьизабуралдаса цӏикӏкӏун малмулк бугони, пособие кьезе инкар гьабула.\nБасрияб ва цӏияб пособиялъул батӏалъи\nГъоркьиса ялгъузав инсуца яги эбелалъ хьихьарал 8-16 сон барал лъималазе бихьизабун букӏана социалияб пособие (басрияб). Гьединазе щолаан регионалда лъималазе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралъул 50 процент. Гьеб щвезе ккани, гӏемерал документал тӏалаб гьарулаан. ЗАГС биххун букӏине, инсуца алиментал кьезе инкар гьабулеб бугин абурал кагътал щвезаризе кколаан. Гьанже цӏияб пособие щвезе ккани, гьединазе цебе букӏараб пособие бачӏунаро. Гьез тӏаса бищизе ккола цояб пособие. Цӏияб пособиялъе гӏарза кьуни лъикӏаб букӏина гьезие, щайгурелъул цебе букӏараб пособиялда дандеккун, цӏияб пособие цӏикӏкӏун кьезе рес буго. 6000-гӏанасеб гъурщил бакӏалда 11,499 гъурущ бачӏине рес буго. Нагагь цӏияб пособие кьезе инкар гьабуни, гӏарза кьуралдаса лъагӏел сверизегӏан бачӏуна басрияб пособие.\nКин щолеб пособие?\nПособие щвеялъе гӏарза кьезе бегьула Госуслуги порталалдаса. Гьединго гӏарза кьезе бегьула Пен- сиялъул фондалде яги МФЦялде. Къокъго абуни, цӏияб пособие щвеялъул шартӏал 3-7 сон барал лъима- лазе пособиялъего гӏадал рихьиза- рун руго. 8-16 сон барал лъималазе пособие кьолеб буго ПФРалъ, 3-7 сон баразе абуни — соцзащитаялъ кьола. Гьелъул магӏна ккола, цӏияб пособие кьолелъул, 3-7 сон барал лъималазе кьолеб пособиялъе гӏадин регионаз шартӏал хисизе бегьуларин абураб. Киналго регионазда цогоял шартӏал рукӏине руго. Гӏицӏго пособиялъ- ул къадар щибаб регионалда батӏибатӏияб букӏине рес буго. Гӏарза цӏезе ккани хӏажалъула… Лъимал гьариялъул, ЗАГСалъул, ригьин биххиялъул хӏакъалъулъ документал (свидетельство). Хъи- замалъул вакилзабазул харжалъул, хайиралъул хӏакъалъулъ баянал (самозанятость ва гь.ц. пишаялдаса щвараб хайир). Банкалъул счеталъ- ул яги почтаялъул отделениялъул хӏакъалъулъ баянал. Гӏарза цӏолелъул цо-цо мехалда тӏадеги справкаби тӏалаб гьарула. Хӏажатал документазул сияхӏ бихьизабун букӏуна гӏарзаялъул ахиралда. Анцӏго къоялда жаниб гьениб бихьизабураб документ щвезабизе ккола ПФРалъул бакӏалъулаб отделениялде. Нагьагь гьеб кьезе кватӏани, пособие кьезе инкар гьабула.\nХъизамалъул харжалъул хӏисаб\nГьанибги 3-7 сон барал лъималазе пособиялъулго гӏадал низамал руго. Хӏисабалде босула налог тӏаса бахъилалде харж, премия, пенсия ва пособие, стипендия, алиментал, къиматал кагътазде бачӏараб хайир (налог тӏаса бахъун хадуб), банказда лъураб гӏарцуде тӏаде рачӏарал процентал, налог тӏаса бахъун хадуб бизнесалдаса щвараб хайир, мал-мулк бичун щвараб гӏарац, авторасулаб заказалъул къотӏи-къаялъухъ щвараб хайир, живго батӏи-батӏиял бакӏазда хӏалтӏун (самозанятость) щвараб хайир.\nПособие кьолелъул хъизамалъе щолеб хайиралда гьоркьоб рикӏкӏунаро: 3-7 сон барал лъималазе щвараб пособие, бакӏалъулаб бюджеталдаса щвараб цохӏо нухалда гьабулеб гӏарцулаб квербакъи, гьаруралдасаго тӏоцебесеб группаялъул инвалидаллъун кколел гӏадамазда (кӏудиял гӏуниги) яги инвалидал лъималазда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ бачӏунеб гӏарац, соцконтракталда рекъон рачӏунел выплатаби, социа- лияб кумек хӏисабалда рукъалъухъ яги транспорталъухъ кьезе биччараб гӏарац, минаялъухъ яги реабилита- циялъухъ кьураб эбелалъулаб ка- питалалдаса гӏарац, хӏалтӏудаса яги декларациялда рекъон тӏад бусси- набураб налог (НДЛФ), гӏумруялъе, сахлъиялъе яги мал-мулкалъе зарал ккеядаса кьолеб компенсация, хвел букъизе кьолеб гӏарац.\nХарж яги цогидаб хайир щолеб гьечӏони…\nПособие кьолелъул хӏисабалде босула хъизамалъул вакилзабазе лъагӏалида жаниб бачӏараб гӏарац (налог тӏаса бахъилалде). Гӏарза кьолеб къоялдаса ункъо моцӏалъ цебе букӏараб 12 моцӏалъ хъизамалъе щвараб хайиралъул хӏисаб гьабула. Масала, 2022 соналъул май моцӏалда гӏарза кьолеб бугони, 2021 соналъул январалдаса декабралде щвезегӏан щвараб хайиралъул хӏисаб гьабула. Гьедин бачӏараб хайир хъизамалъул киналго вакилзабазда гьоркьоб бикьула.\nНагагь хъизамалъул цогӏагиязе (чӏахӏиязе) гӏарац бачӏунеб гьечӏони, хӏисабалде босула харж яги кинаб бугониги хайир букӏунгутӏиялъе къабул гьабизе бегьулеб гӏилла. Гьединаб гӏиллалъун рикӏкӏуна:\nХӏалтӏи гьечӏев чи (захӏматалъул биржаялда вугев). Гьеб ахӏвал-хӏалалда анлъго моцӏалдаса цӏикӏкӏун рикӏкӏунаро, гьединлъидал пособие щвезе ккани жеги ункъо моцӏалъги кинабгӏаги хайир яги цогидаб къабул гьабизе бегьулеб гӏилла букӏине ккола. Гьединго 2022 соналъул тӏоцебесеб марталда ва гьелдаса нахъе ЦСЗНалда хӏисабалда вугев (безработный) чиясулги гӏарза къабул гьабула.\nЛъабго сон базегӏан лъимада хадуб хъулухъ гьаби.\nСтипендия щвечӏого очно цӏали. Гьезда гьоркьор 18-23 сон барал лъималги.\nИнвалидаб лъимералда яги лъимерлъудасаго тӏоцебесеб группаялъул инвалидлъун кколев чиясда, 80 ва цӏикӏкӏун сонал рарал гӏадамазда хадуб хъулухъ гьаби.\nХӏалтӏизе ресги гьечӏого лъабго ва цӏикӏкӏун моцӏаз гьоркьоса къотӏичӏого унти.\nРагъулаб хъулухъ ва демобилизациялдаса хадуб лъабго моцӏ.\nТуснахъалда вукӏин ва эркенлъаралдаса хадуб лъабго моцӏ.\nБалугълъиялде бахинчӏеб лъимадул эбел-инсул цоял гурони чӏаго гьечӏони (гьединго мать-одиночка).\nЭбел-инсул цоязул харж яги цогидаб хайир гьечӏониги бегьула, пособие кьолелъул хӏисабалде босулеб лъагӏалида жаниб хъизам гӏемерал лъимал ругеблъун рикӏкӏунеб букӏун батани.\nХӏисабалде босулеб лъагӏалида жаниб эбел лъимаде йикӏин. Хӏисабалде босараб заманалда гьоркьобе лъимаде йикӏараб 6-9 моцӏ ккани гӏарза къабул гьабизе бегьулеб гӏиллалъун рикӏкӏуна. Гӏарза кьолелъул лъимаде йикӏун 12 анкь яги цӏикӏкӏун заман бугониги инкар гьабуларо пособие кьезе\nГьединаб гӏилла яги хъизамалъе щолеб хайир лъагӏалида жаниб 10 моцӏалъ букӏине ккола.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17633-rag-bajbikhana-lvovalda-vukiago", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17633-rag-bajbikhana-lvovalda-vukiago", "title": "Рагъ байбихьана Львовалда вукӏаго", "date": "2022-05-13 09:46:40", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Бергьенлъиялъул Парадалда гӏахьаллъана Гумбет районалъул Ингиши росулъа Мухӏамад Сайгидов.\nАнкьго класс лъугӏарав Мухӏамад колхозалъул правлениялъ витӏана хӏисабчагӏазул кур- сазда цӏализе. Гьелги лъугӏизарун росулъе тӏадвуссарав гьев, 16 сон барав гӏолохъанчи, тӏамуна Гумбет районалъул Энгельсил цӏаралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъун. 1939 соналда ана Багӏараб Армиялда хъулухъ гьабизе.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалда, М. Сайгидов вукӏана Львов шагьаралда. 1941 соналъул 22 июналда шагьаралде бомбаби разе байбихьана. Кьвагьдохъабазул полкалда цадахъ Мухӏамадица кумек гьабуна хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде гӏадамал гочинариялъе. Гьев гӏахьаллъана Прибалтикаялда, Северияб Кавказалда, Белоруссиялда ва цогидал бакӏазда ккарал рагъазулъ. Вагъана танказул ва минометчиказул бригадабаздаги гӏарадачагӏазул полкалдаги.\nМухӏамад Сайгидов вагъана Ставрополь, Саратов, Сталинград, Таганрог, Буденновск, Тамбов, Новочеркасск, Кенигсберг, Смоленск, Штеттин абурал шагьаралги Украина, Польша, Литва ва цогидал улкабиги фашистаздаса эркен гьариялъул рагъазулъ. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гьев вукӏана механик-водительлъунги танкалъул командирлъунги. Европаялъул гӏемерал шагьарал эркен гьарулаго, гьев щвана Берлиналде.\nКӏудияб Бергьенлъиялъе гӏо ло вагъулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьев мустахӏикъ лъана «За отвагу», «За победу над Германией», «За оборону Киева», «За штурм Кенигсберга» абурал медалазеги, Ватӏанияб рагъул, Ба гӏараб Цӏваялъул, Реццалъул ва цо- гидал орденазеги.\nРагъдаса хадусел соназда Му хӏамад хӏалтӏана гӏагараб колхо- залъул коммунистазул гӏуцӏиялъул секретарьлъунги, Ингиши росдал советалъул председательлъунги, колхозалъул председательлъунги. Хадубккун райкомалъ гьесда тӏадкъана нухлул отделалъе нухмалъи гьабизеги, райкомалъул инструкторлъун хӏалтӏизеги. Гьес гьабуна коммуналияб магӏишаталъул отделалъе нухмалъиги. «Мелъелтӏа – Дилим» шагьранух гьабиялъухъ гьев мустахӏикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.\n1980 соналда Сайгидовазул хъизан гочана Гъизилюрталде. Гьенивги хӏалхьиялда чӏечӏо гьев – хӏалтӏана ЖКХялъул мастерлъун, вукӏана Гражданияб оборонаялъул начальниклъунги.\n1983 соналда запасалда вугев кӏудияв лейтенант Мухӏамад Сайгидов ахӏун вукӏана Калининградалде (Кенигсберг) – гьеб шагьар эркен гьабиялъул гӏахьалчи хӏисабалда Бергьенлъиялъул Парадалда гӏахьаллъизе.\n1945 соналъул Бергьенлъиялъул Парадалъул гӏахьалчи Мухӏамад Сайгидов къадаралде щвана 2013 соналда.\nmo-gumbet сайталдаса"}
{"slug": "17634-kveral-kh-varal-tiakhal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17634-kveral-kh-varal-tiakhal", "title": "Квералъ хъварал тӏахьал", "date": "2022-05-13 09:54:34", "categories": ["rel"], "text": "Дагьалъ цебе «Хӏакъикъаталда» бахъун букӏараб «Дагъистаналъул рухӏияб бечелъи» абураб макъала. Гьелда бицун букӏана РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏараб мацӏалда квералъ хъварал ва басмаялда рахъарал тӏахьазул фондалъул хӏакъалъулъ.\nФондалъул нухмалъулев Мухӏамад Шехмухӏамадовас гьадин бицана гьенир цӏунун ругел къиматал тӏахьазул ва документазул тарихалъул хӏакъалъулъ.\n— Диналде данде рагъ балел соназ квералъ хъварал тӏахьал ва документалгун кагътал цо бакӏалде ракӏаризе ва гьезул хасаб фонд гӏуцӏизе хӏаракат бахъарал чагӏи ккола Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамад, Гӏоротӏаса Мухӏумаев Мухӏамадрасул, Гиничукьа Сагӏидов Мухӏамадсагӏид, Шихсагӏидов Амри, Хунзахъа Айтберов Тимур, Гъазданушиса Разаев Хӏасан. Гьеб тадбиралъе квербакъана тарих бокьулел ва гьелъул къимат лъалел институталъул директорлъун рукӏарал Хӏажи Хӏамзатовас ва Хӏажигӏали Данияловас.\nФондалда ругел гӏараб гӏелмуялъул квералъ хъварал къиматал тӏахьазул цояб ккола Къарахъа Мухӏамад-Тӏагьирил «Шамилил цо-цо гъазаватазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тӏехьалъул оригинал, ай гьес жин- дирго квералъ хъвараб тӏехь. Гьел- да руго живго хвезегӏан Мухӏамад-Тӏагьирица гьелда тӏад гьарурал гӏемерал хъвай-хъвагӏаялги. Гье- динго гьеб тӏехьалда руго гьесул вас Хӏабибуллагьица гьарурал хъвайхъвагӏаялги. Къарахъияв живго вукӏана гьеб тӏехьалда хъварал гӏемерисел лъугьа-бахъиназул нугӏ ва гӏахьалчи. Имамас МухӏамадТӏагьирида бицунеб букӏун буго гьаб пуланаб бакӏалда гьадинаб рагъ-кьал кканилан. Кӏвар бугел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ бицине Къарахъиясда аскӏове ахӏулев вукӏун вуго пуланаб лъугьа-бахъи- налда гӏахьаллъарав наиб.\nДагъистаналъул тарих лъазабиялъе кӏвар цӏикӏкӏараблъун ккола ХӀ гӏасруялда Дербенталда вукӏарав гӏалимчи Абубакр Мухӏамад Дарбандияс хъвараб ва ХӀV гӏасруялда гьелда тӏасан хъвараб «Тӏарикъаталъул энциклопедия» (копия). Гьеб ккола доб заманалда рукӏарал бищунго цересел гӏалимзабазул гӏелмияб даражаялда хъвараб тӏарикъаталъе баян кьолеб тӏехь.\nФондалда цӏунун буго Гъумекиб мажгиталда аскӏоб рощнол гохӏде рехун батараб Къуръаналъул анкьго том. Гьелда тӏад руго чӏухӏун къачӏарал лакайдул мужалатал. Къуръаналъул цо-цо аятал байбихьулел руго меседалъ хъварал хӏарпаздалъун (медальон). Лъималаз гьел медальонал бакӏ-бакӏаздаса нахъе къотӏун руго. Къуръан хъван буго кӏудияб махщалида. Гьеб буго жакъагицин цӏакъ захӏматго гурони бахъизе кӏолареб гӏадаб даражаялъул тӏехь. 700 соналъ цебе квералъ хъвараб гьеб Къуръаналъул буго цӏакъ гӏажаибаб къисмат. Фондалда хӏалтӏулел рукӏарал гӏалимзабазул биценалда рекъон, гьеб кколеб буго Надир-шагьас гъумекдерил Сурхай-ханасе сайгъаталъе битӏун бачӏараб Къуръан. Гьелда цебе Надир-шагьас Сурхай-ханасе сай гъаталъе битӏун бачӏун букӏун буго хъатинибе унеб Къуръан. Гьелъул магӏнаги букӏун буго «гьа- динаб гьунаралъул махщелчагӏи руго дир» абураб. Ханас шагьасде битӏун буго: «Дун гӏадав херав чиясда цӏализе бихьулеб куцалда Къуръан хъвазе кагъатищ гьечӏеб дунялалъул пачахӏасул ракьалда», — ян. Гьесул бадибчӏваялъе жаваб хӏисабалда битӏун бачӏараб Къуръан кколеб буго гьаб. Гӏага-шагарго гьеб Къуръаналъул бакӏлъи бахуна 55-60 килоялде ва гьеб тӏаде борхизе къваригӏуна ункъо чи.\nХӏурият бергьинегӏан Дагъистаналда гӏалимзабаз ва хӏакимзабаз гӏараб мацӏ хӏалтӏизабулеб букӏана официалияб мацӏ хӏисабалда. Фондалда ругел документазги бицунеб буго нилъер гӏалимзабазда, хасго ди- ниял церехъабазда, гӏараб мацӏ цӏакъ лъикӏ лъалеб букӏараблъиялъул. Фондалда цӏунун буго XVI гӏасруялдаса XX гӏасруялъул лъе- берабилел соназде щвезегӏан гӏараб мацӏалъ хъвараб анцӏазаргоялдаса цӏикӏкӏун кагъат-документ. Маса- ла, Жамалудин Гъумукъияс турказул пача Гӏабдулмажидихъе хъвараб кагътида бадибчӏвай гьабулеб буго Шамил имамасул рагъда тур- казухъан кумек щвечӏилан. «Дир хӏисабалда, Аллагьасе гьаб ракьалда Шамил имамасдаса бокьулеб рухӏ гьечӏо. Гьев кӏодо гьавизе щвей ккола дуеги бугеб кӏодолъи», — ян хъван буго кагътида.\nФондалда цӏунун буго басмаханаялда бахъараб 200-гӏанасеб къиматаб тӏехь. Гьезул бищун къи- маталлъун рикӏкӏуна Темир-ХанШура шагьаралда Мухӏамадмирза Мавраевасул басмаханаялда рахъарал тӏахьал. Тӏоцебе гьениб бахъун буго цӏакъ берцинго къачӏараб Къуръан, хадуб мадрасабазул цӏалул тӏахьазул программаби.\nГӏадатиял гӏадамаз лъай босиялъул мурадалда, Мавраевас гӏалимзаби тӏамун руго гӏараб мацӏалъ хъварал асарал Дагъистаналъул миллиял мацӏазде руссинаризе ва гьел гӏажам хӏарпаз хъвазе. Гьел асарал, тӏахьал, брошюраби гӏадин, гьес басмаялда рахъана. Гьеб кколаан гӏадатияб халкъалъе гӏаммаб лъай кьеялъул мурадалда гьабулеб хӏалтӏи. Мухӏамадмирза Мавраевас бахъун букӏана Салтӏаса Гӏаликъадихъ цӏаларав ва заманаялъ Гьидалъ наиблъи гьабурав кӏудияв гӏалимчи, жиндирго эмен Мухӏамадгӏали Чӏохъиясул «Дагъ- истаналъул гӏалимзабазул фатваби (жавабал)» абураб 700 гьумералъул тӏехь. Гьенир рорхулел руго жакъа къоялъги къваригӏарал ва тӏуразе кколел суалал.\nАмма фондалъул гьеб бечелъи цӏуниялъе чӏезаризе ккола хасал шартӏал. Гьел цӏунулел гьечӏони, кагъат хола, гьелда хӏапаро бала. Жакъа фондалда чӏезарун руго, нижер ресазда рекъарал, шартӏал. Амма, тӏадехун рехсараб куцалда, хасал шартӏал чӏезаричӏони, хӏинкъи буго фондалъул тӏахьал ва документал гӏемерал соназ цӏунун хутӏунгутӏиялъул.\nЦоги, жакъа тӏадчӏей гьабизе ккараб ва захӏматго «унтараб» масъалалъун хутӏулеб буго гӏараб мацӏалъ хъвараб фондалъул нахърателалда тӏад хӏалтӏизе бокьарал, бокьаниги, лъикӏаб даражаялда таржама гьабун бажарулел гӏараб мацӏалъул гӏалимзаби-специалистал Дагъи- станалда къанагӏат гурони гьечӏолъи.\nНури Нуриев"}
{"slug": "17636-rajkomal-ul-sekretarazda-gorkov-bishchun-giolokh-anav-vukiana-musa-rasulov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17636-rajkomal-ul-sekretarazda-gorkov-bishchun-giolokh-anav-vukiana-musa-rasulov", "title": "Райкомалъул секретаразда гьоркьов бищун гӏолохъанав вукӏана Муса Расулов", "date": "2022-05-13 10:04:28", "categories": ["insan"], "text": "Гьал къоязда 90 сон тӏубала Гумбет районалъе гӏемерал соназ нухмалъи гьабурав Муса Расуловас. Гьоболлъухъе щведал, Муса ватана телевизоралъухъ балагьун. Гьобол ячӏиналдаса бугеб гьесул рохел бихьидал ракӏалде ккана, гьаб хирияб моцӏалъ рокъоса вахъунарев чи вохизавуралъухъ диеги кири букӏинин абун. Амма дагьайго рекӏекълъана гьесул гьаракь рагӏидал: хӏалихъего кӏалъалев вугоан. Гьесул хъизан Маккаца абуна, тохтурзабаз гаргадизе гьукъунцин бугин гьесие абун. Кин бугониги, гара-чӏвариялъе бугеб гъираги бихьун, цо чанго суал кьуна дица Мусае.\n— Гумбет районалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулеб заманалда бищунго захӏматаб масъала кинаб букӏараб?\n— Гьеб хъулухъалде дун ккана Дагъистаналъе бищунго захӏматаб заманалда – 1970 соналда ракьги багъарун кӏиго моцӏ бараб мехалда. Риххарал минаби – гӏадамазул рукъзал, колхозазул бокьал, школал, лъималазул ахал. Хъулухъалде дун толевлъи лъараб мехалда, инкарги гьабун, вихха-хочун, кӏиго къоялъ рокъов чӏана дун. Амма дун рокъов течӏо, вахъине ккана хӏалтӏизе. Районалъул тӏолабго къуват буссинабизе ккана ракь багъариялъул балагьалдаса эркенлъиялде. Лъикӏги квешги ана лъагӏел ва хӏасилалги квешал ккечӏо.\n— Дол соназда Игьали тӏобитӏараб кочӏол байрам жеги кӏочон гьечӏо халкъалда. Щай гьеб гӏуцӏун букӏараб хас гьабун Гумбет районалда?\n— Райкомазул секретаразда гьоркьов бищун гьитӏинав вукӏана дун – 37 сон барав гӏолохъанчи. 1966- 1970 соназда хӏалтӏулев вукӏана райкомалъул кӏиабилев секретарьлъун. 1972 соналда букӏана ДАССР гӏуцӏаралдаса 50 сон тӏубаялъул байрам. Телевизоралдаса кӏалъалаго, Расул Хӏамзатовас абуна, Гумбеталда тӏобитӏизе бугила Дагъистаналъул кочӏол байрам. Диргун дандбараб жоги букӏинчӏо. Щибха гьабилеб? Кӏудияв шагӏирасул рагӏи ритӏухъ гьабизе ккеларищ? Тӏаделъана байрамалде хӏадурлъи гьабизе. 22 азарго чи гӏахьаллъараб кӏудияб байрам лъугьана. Цо къоялъ гьабизе ракӏалда букӏараб гьабизе ккана кӏиго къоялъ. Гьеб тӏобитӏана игьелдерил майданалда. Расулица ахӏун, Москваялдаса вачӏана 22 шагӏиргун хъвадарухъан. Гьенив вукӏана республикаялъул культураялъул киналниги хӏалтӏухъаби, Авар театралъул артистал, магӏарул газеталъул редакция.\nМоскваялдаса гьалбал гӏемерлъана долдаса хадур. Бахъана районалъул хӏакъалъулъ кино, гьеб бихьизабуна централияб телевидениялдаса. Гьедин машгьурлъана районалъул цӏар. Гьеб букӏана дие цӏакъ захӏматаб заман.\nКӏиабилеб захӏмалъи бихьана 1974 соналда – кӏиабизеги ракь багъарана гьеб мехалда. Махӏачхъалаялдаса рачӏана обкомалъул вакилзаби ва щуго росу гочинабизе ккана: Цӏунди, Щабдухъ, Килалъ, Ичичӏали ва Сивухъ. Гьеб букӏана цӏакъ захӏматаб иш.\n— Ракӏалдаса унареб лъугьабахъин кканищ мун хъулухъалда вукӏаго?\n— Махӏачхъалаялдаса, обкомалдаса кӏалъан рачӏана, Россиялъул Министрзабазул советалъул председатель, Политбюроялъул член Михаил Сергеевич Соломенцев вачӏине вугин нужехъеян абун. Бицана гьесул сапаралъул маршрут тасдикъ гьабун бугиланги: Махӏачхъала – Буйнакск – Унсоколо – Гумбет (гьаниб – къадеквенгиха), гьенисан Кьохъе – Хунзахъе – Лаваши – Махӏачхъала. Хӏадурун рукӏаян лъазабуна. Гьесда дандчӏвазе ана Чӏиркъатӏе. Соломенцевасда цадахъ рачӏана Дагъистан обкомалъул тӏоцевесев секретарь Мухӏамадсалам Гӏумаханов, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Шагьрудин Шамхалов, ДАССРалъул хӏукуматалъул председатель Гӏалипаша Умалатов, КГБялъул нухмалъулев Алексей Бойко ва цогидалги хӏакимзаби. Хӏинкъун вукӏана цощина къаде кваналеб бакӏалда тамадалъи дида тӏадкъазе гурин абун. Гӏурус мацӏги лъикӏго лъаларелъул, гьадигӏан къиматал гьалбал ругеб бакӏалда гъалатӏ борчӏизе гурин абун.\nГьалбадерие хӏадурлъи гьабун букӏана Чӏиркъатӏа заводалда. Жанире лъугьаралго, Соломенцевас абуна: «Товарищ Расулов, ведите компанию», — ян. Пайда щиб, бачине кканаха. Тӏоцебесеб лълъар борхулаго, дица абуна, Гумбет районалъ Россиялда тӏоцебесеб бакӏ кколин кӏудияб ригьалъул гӏадамал гӏемерлъиялъул рахъалъ ва гьесие гьарана халатаб гӏумру. Лъабго сагӏатгун бащдалъ бачана компания. Дагьа-дагьаб жо гьабулаго, кеплъиларищха гьалбалги. Тасдикъ гьабураб маршрутги кӏочана. Гӏумахановас дида гьикъана: «Муса, кин бугеб Хӏариб габурлъи?» — ян. Моцӏалъ цеве, январалда, данделъиялде Гумбеталде вачӏарав гьесда бихьун букӏана гьеб габурлъи. Дицаги жаваб кьуна цӏакъ лъикӏ бугилан. Дида аскӏов гӏодов чӏарав КГБялъул начальникас гъажалда тункана. Дида ракӏалде ккана, гьес дун ритӏухъ гьавулев вугин, дие хӏалае вахъунев вугилан. Довин абуни, вукӏун вуго гӏаксалда. Хадубккун гьес дида абуна, нагагь сапаралда щибниги ккани, габуралдаса бетӏер бортизе бугин дирилан абун. Февраль моцӏлъидалха букӏараб, Хӏарисан сапаралъе хӏинкъи камулароан. Палхӏасил, рилълъине руго Хӏарисан! Гьединаб хӏукмуги гьабуна хӏакимзабаз. Дихъе гьоркьоса къотӏичӏого ахӏулеб буго – Хунзахъа, Лавашиса… гьалбал тӏоритӏанищ, кида тӏаде щвелел абун. Тӏаде щолеб маркӏачӏул мехги, хасало заманги, гӏаздалъ бахчараб Хӏарисан нухги… Рилълъана. Нухлул кӏиябго рахъалъ букӏана гӏаздал «къед». Цӏорораб иццухъе щведал, лъалхъана, дагьамакъаб жо гьабуна. Рукӏкӏана. Нух – цӏорол шиша гӏадаб. КГБялъул нухмалъулес диде речӏчӏизарулел ццидалал бералги зама-заманалдасан «Къо-лъикӏ гьабе дурго партбилетгунан» рехулел рагӏабиги. Тӏолабго нухда Аллагьасде гьарделев дунгиха. Гьедин щвана Хасавюрталде.\nГӏумахановас лъазабуна, Соломенцев нухарегӏизе, киналго райкомазул тӏоцересел секретарал аэродромалде рачӏине кколин абун. Гьенив вукӏана дов Бойкоги. Гьес диде ишан гьабуна, аскӏове вачӏаян. Гьеб мехалда къахӏан ккуна дир квер ва абуна: «Муса, молодец. Дагъистаналдаса иналде, кабинеталда гара-чӏварулаго, дур хӏаракаталъе тӏадегӏанаб къимат кьуна Соломенцевас», — ан.\n— Гӏолохъанчи мунги лъугӏелго гьечӏеб хӏалтӏиги… Хъизамалъе камулеб букӏун батила дур квербакъи, кумек?\n— Дир букӏана кӏудияб хъизам – щуго лъимер. 21 соналъ цадахъаб гӏумруги гьабун, къадаралде щвана дир тӏоцеесей лъади Патӏимат. Гьелъул букӏана 39 сон. Цӏакъай гӏадан йикӏана гьей. Кӏиго соналъ костюм хисичӏо дица. Гӏарза кьун букӏана, хӏалтӏудаса нахъе виччайин абун. Амма виччачӏо. Гьедин бана кӏиго сон. Нижеда аскӏой йикӏана якьад. Аллагьас хӏал алжаналъуб батаги гьелъул, «дур гурейги хвана лъади, лъималазе гӏоло гӏумру гьабизе кколаян» абулаан гьелъ дида. Кӏиго соналдасан ячана дица Макка.\nКиданиги берцин вихьичӏо дида жиндир лъади еццулев бихьинчи. Аллагьас дун тӏамуна дирго лъадуе рецц-бакъ гьабизе. Кинха ецциларей, щуго лъимадуе унго-унгоги эбеллъи гьабун бажарарай, киданиги дие хъачӏлъичӏей ва гӏагарлъиго кӏодо гьабулей гӏадан? Гьединай йиго дир Макка. Дие ячӏине къабул гьаюлеб заманалда Маккада абун буго дир цо лъимер бугин, хадуб – кӏиго бугин… Гьейгун дандчӏвазе араб мехалда дица хӏакъикъат бицана. Аллагьасе рецц, гьей разилъана ва гьелдаса нахъе ниж ратӏалъичӏо. Киданиги гьумер букӏкӏинабичӏо гьелъ. Киданиги гьаракь борхун кӏалъачӏо гьей лъималазда. Дир адаб рехулеб цониги жо гьабичӏо. Дагь-дагьккун гӏуна лъимал. Дун гӏажаиблъун вукӏана васазул бахӏаразе кьезе чемоданалги ясалъе кьезе къайиги гьелъ данде гьабун батараб мехалда – дидацин лъалароан гьеб. Муса Расулов вукӏана Гумбет районалъул коммунистазул партиялъул анцӏабилев секретарь. Гьесдаса хадувги вукӏана 10 секретарь. Амма Мусал заманалда ккана бищунго хӏалуцарал лъугьа-бахъинал ва бана районалъул социалиялгун рукӏарахъиналъул хъулухъазе 149 мина. Гьес нухмалъи гьабулел соназда, пятилеткабазул планал тӏокӏлъиялда тӏуразариялъухъ, районалъе щвана анлъго хьвадулеб Багӏараб байрахъ – лъабго Дагъистаналъул ва лъабго СССРалъул. Районалъул цӏар хъван букӏана республикаялъул Хӏурматалъул хъорщода. Муса Расулов 15 соналъ тӏатӏалаго вищана Верховный Советалде депутатлъун.\nГьебгощинаб заманалда вукӏана Дагъистаналъул обкомалъул членлъунги.\nМусал буго лъабго орден ва анцӏго медаль. Гумбет районалъ щибаб соналда хӏукуматалъе кьолаан 800-гӏанасеб тонна гьанал, Чӏиркъатӏа букӏараб консервазул заводалда сезоналда хӏадурулаан 10 миллион банка – компоталъул, сокалъул, мурападул. Гьенир хӏадурулел нигӏматал рикӏкӏана республикаялдаго бищун лъикӏаллъунги. Заводалъе щибаб соналда кьолаан хьвадулеб Багӏараб байрахъ – нигӏматазул качествоялъухъги гьезул къадаралъухъги. Хьвадулеб Багӏараб байрахъ кидаго щолаан районалъул комсомолалъул комитеталъеги «Багӏараб октябрь» абураб цӏаралда бугеб колхозалъеги.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "17638-shamil-imamasul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17638-shamil-imamasul-kag-tal", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2022-05-13 10:45:37", "categories": ["rel"], "text": "Шамил имамас Цӏулдаса Мухӏамадтӏагьирихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хирияв, вокьулев вац Мухӏамадтӏагьирихъе. Аллагьасул саламал лъеги дуда. Амин.\nЦинги. Дихъе нилъер хирияв вац Даниял-султӏанил рахъалдасан кагъат бачӏана. Гьениб гьес дихъа изну гьарулеб буго мун жинда аскӏов теян. Дуда лъан букӏа, дир изнуялъул нуцӏа дуе рагьун букӏин. Дуе гьесда аскӏов вукӏине бокьани, дир гьелдалъун щибгӏаги дуде ракӏ квешлъиги букӏине гьечӏо.\nВассалам. Талат, гӏашура къо, 1268 соналъул мухӏаррам моцӏ/1851 соналъул 4 ноябрь.\nАчил Мухӏамадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат\nГьал мухъал хъварав пакъирав къади, рес къотӏидал, къадилъи гьабулев Ачил вас Мухӏамадил рахъалдасан кӏудияв Шамил имамасухъе. Алагьасул саламал лъеги дуда азаазариде рахун, Аллагьасул къиямасеб къоялъ рохелги Жиндирго тӏадегӏанаб заталде балагьиги дуе рикъзилъун гьабеги.\nЦинги. Дур рахӏмуялъул, гурхӏелалъул ралъдалъан гьарулеб жо буго ва дур лъикӏлъабазул гӏоралдасанги хьул лъураб жо буго дуца нилъер вац-гӏалимчи Дибирасе рахӏматгурхӏелалъул бербалагьи гьаби. Наиб Алдамил рахъалдасан жиндиего ккараб жо сабаблъун, гьев рекӏел къварилъиялде ккун вуго. Гьединго хьул буго, мун гьесул рагӏабазухъ гӏенеккилин абун, жиндие бугеб захӏмалъи-къварилъи гьес дуда бицине букӏине.\nВассалам.\nШамил имамас Цӏатӏанихъ ва Буцӏра росабазул жамагӏатазухъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал цӏетӏендерил ва буцӏулдерил росабазул жамагӏатаздеги, гьединго гьезда сверухъ ругел бакӏазул агьлуялдеги. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дица Гьоцӏдерил росдал агьлу дир гьитӏинав вац наиб Албурил наиблъиялда гъорлъе бачана, гьелъулъ бугеб маслихӏатги бихьун. Цинги дица нужги гьезул бакӏалда дир вац наиб Хӏусенил ихтияралда гъорлъе рачана. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго нуж гьесие мутӏигӏлъеян, кинабниги гьесул амру-нагью тӏубаян, ай гьабеян абураб гьабеян, теян абураб теян. Кигӏан гьитӏинаб жоялъул бугониги, нуж гьесде гӏасилъуге, гьев живго гӏасилъабазулъе лъугьинчӏого вугебгӏан заманалъ. Хӏакълъунго, гьелдаса вуссарав, гьелъухъ гӏенеккичӏев чияс ахир-къадги гӏайиб жиндирго гьабе.\nГьалдалъун тана. Вассалам. Хамиз къо, 1268 соналъул 26 жамадул ухра/1852 соналъул 5 апрель\nШамил имамас Хӏажи Гӏаскариясухъе, Гӏалимухӏамадихъе ва Хӏажи Насруллагьихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хириял вацазухъе Хӏажи Гӏаскариясухъе, Гӏалимухӏамадихъе ва Хӏажи Насруллагьихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дихъе чӏикӏасезул чӏахӏиял чагӏи рачӏун рукӏана цо цӏакъго кӏвар бугеб суалалда тӏасан, ай жидерго цо пуланаб магӏарда росу баялда тӏасан дихъа изну гьаризе. Гьеб сабаблъун, васвасдизеги лъугьун, дида цӏакъ ургъел чӏван буго. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужеца ракӏ-ракӏалъ, цӏакъ мухӏкан гьабун, истихара гьабеян абун, гьеб кӏвар цӏикӏкӏараб ишалъе къучӏлъун букӏиналъе гӏоло. Гьалдалъун тана. Вассалам.\nИтни къо, 1268 соналъул 11 жумадалухра моцӏ/1852 соналъул 2 март.\nХӏажимурадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат\nТӏадегӏанав Бетӏергьанасул цӏобалде хьул лъурав Хӏажимурадил рахъалдасан муъминзабазул амир Шамилихъе. Къотӏи гьечӏел даимал саламал лъеги дуда.\nЦинги. Дица духъе битӏулеб буго лъебералда лъабго гъурущ дол насраниял хисун, дозухъ щвараб боцӏудаса кколеб хумус. Гьединго гьашимиязул бутӏаги дица Жамалудинида кодобе кьуна, дос диде, гьеб жиндихъе битӏеян абун, амру гьабун букӏиндал. Дирги дуе васият буго, дугӏа гьабеян абун, дунги Гуржистаналде вахъине хӏадурлъун вуго. Гӏуцӏана гӏарапа къоялъ, талат къоялъ.\nВассалам. Дица доб хумусалъул бутӏа Ибрагьимихъе кьуна, гьесул бодул хӏисабги гьабун. Вассалам.\nШамил имамас наиб Патагӏалихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго гьитӏинав вац наиб Патагӏалихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дихъе чанго нухалъ Гозолоколо росдал агьлуялъул гӏарз щвана, жидер ракьал ва хӏаримал нужер чагӏазул ракьалгун хӏарималгун жура-гъуран ругин абун. Гьединго дихъе гьезул гьари щвана жал дур вилаяталде гъорлъе рачеян абун, гьелъулъ жидеда маслихӏатги бихьун. Дица гьезул гьари тӏубана ва дида амру гьабулеб буго, дуца гьезул тӏалаб гьабеян, дуца шаргӏалъулгун низамалъул хӏукмабиги гьезда гьоркьор рилълъанхъизареян. Гьалдалъун тана.\nВассалам. Талат къо, 1268 соналъул 6 шагӏбан/1852 соналъул 24 май"}
{"slug": "17707-belorussiyal-ul-tekhnika-aziyalde-bachchize-bugo-makhiachkh-alayal-ul-ral-dakh-abaz", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17707-belorussiyal-ul-tekhnika-aziyalde-bachchize-bugo-makhiachkh-alayal-ul-ral-dakh-abaz", "title": "Белоруссиялъул техника Азиялде баччизе буго Махӏачхъалаялъул ралъдахъабаз", "date": "2022-05-18 20:36:23", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул дармил порталдаса пайда босизехъин буго Белоруссиялда хӏадур гьабураб росдал магӏишаталъул техника къватӏисел пачалихъазде, югалъулбгун бакъбаккулаб Азиялде баччизе. Гьеб ккола Белоруссиялъул автомобилазул ва тракторазул заводаз гьабураб хӏукму.\nГьал къоязда тӏобитӏараб хӏукуматалъул данделъиялда гьединаб баян кьуна ДРялъул транспорталъул министр Жамбулат Салавовас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, республикаялъул ресал цӏикӏкӏунел руго батӏи-батӏиял пачалихъазде битӏулеб къайи-цӏа бугониги ялъуни жалго гӏадамал ратаниги, гьел щвезарун, нилъерго транспорталъул бажари цогидаздаги бихьизабизе.\nГьединго министрас бицана ахираб заманалда къватӏисел пачалихъаз Россиялъе санкциял лъуниги, республикаялъул транспорталъул магӏишаталда гьел хъатӏичӏилан."}
{"slug": "17709-bishchun-l-ikiav-taksistasda-tsiar-chivana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17709-bishchun-l-ikiav-taksistasda-tsiar-chivana", "title": "Бищун лъикӏав таксистасда цӏар чӏвана", "date": "2022-05-18 20:38:47", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Грозныялда тӏобитӏана «Россиялъул бищун лъикӏав таксист-2021» абураб къец.\nГьениб тӏоцебесеб бакӏ щвана Грозныялдаса Рамазан Арсанукаевасе. Чачан Республикаялъул хӏукуматалъ гьесие сайгъат гьабуна Hyundai Solaris автомашина.\nКӏиабилеб бакӏ кьуна дагъистанияв Гӏалил Гӏумаровасе. Гьесие шапакъаталъе кьуна 100 000 гъурущ.\nКонкурсалда гӏахьаллъана кинавниги 24 таксист.\nГьеб тадбиралде вачӏун вукӏана Татарстаналъул президент Рустам Миннихановги."}
{"slug": "17710-dag-istanal-ul-tsiolboda-khadub-irgayalda-chiun-rugo-madugalzabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17710-dag-istanal-ul-tsiolboda-khadub-irgayalda-chiun-rugo-madugalzabi", "title": "Дагъистаналъул цӏолбода хадуб иргаялда чӏун руго мадугьалзаби", "date": "2022-05-18 20:45:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул рес буго, советияб пачалихъалъул заманалдаго гӏадин, цӏолбол бачӏин цӏикӏкӏинабизе. Гьединаб пикру загьир гьабуна гьал къоязда ДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас.\nЩайгурелъулин абуна гьес, ахираб кӏиго соналда жаниб Дагъистаналда кӏванила цӏибил гӏезабиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб цебесеб чӏалде бачӏине.\n«Мисалалъе, гъоркьиса, 237 000 тонна цӏолбол бакӏарун буго нилъеца. Гьеб буго кӏудияб хӏаракаталъул хӏасил. Нилъедаса хадуб буго Крымги Краснодар крайги.\nГьоркьохъеб хӏисабалда, цо гектаралда Дагъистаналда гӏезабула 127 центнер цӏолбол. Нилъер аниб гӏезабураб гьеб нигӏмат босизе бокьун играялда чӏарал Россиялъул регионазул читӏир кӏодолъулеб буго», — ян абуна Шарип Шариповас.\nДагъистаналда гӏезабураб цӏолбол гьабураб чагъирги коньякги кидаго цӏакъ къиматаблъун букӏана россиялъулазе. Гьанже цӏолбодеги цӏакъ хьул лъураб къагӏида гьезул."}
{"slug": "17711-turistaze-raze-rugo-zamanayal-ul-galbaderil-ruk-zal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17711-turistaze-raze-rugo-zamanayal-ul-galbaderil-ruk-zal", "title": "Туристазе разе руго заманаялъул гьалбадерил рукъзал", "date": "2022-05-18 20:47:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялде хӏатталдаса ун гӏемерал туристал рачӏунел рукӏиналъ ва гьел жанир хӏебтӏизе рукъзал гӏолел гьечӏолъиялъ хехаб къагӏидаялъ цо щиб букӏаниги ургъизе кколеб буго тӏалъиялъ.\nБищун лъикӏаб нухлъун гьез тӏаса бищун буго доре-гьанире росун бажарулел модульниял рукъзал (гостиницаби) рай. Гьел мурадазе гӏоло РФялъул бюджеталъул нахърателалъулаб фондалдаса 150 млн гъурущги биччазе буго."}
{"slug": "17712-g-unisan-g-umekire-uneb-shagranukhda-tsiodorgo-chia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17712-g-unisan-g-umekire-uneb-shagranukhda-tsiodorgo-chia", "title": "Гъунисан Гъумекире унеб шагьранухда цӏодорго чӏа", "date": "2022-05-18 20:51:08", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда чванхунцӏадалги ран, Гъунисан Гъумекире унеб шагьранухда гьарчал рачӏун, нух къан бан букӏана транспорталъе. Гамачӏгъегъалдаса гьеб бацӏцӏад гьабизелъун, кӏвахӏ тун хӏалтӏана гьенир нухазул хӏалтӏухъаби.\nЦӏакъ санагӏат гьечӏеб, къваридаб бакӏалдаса гӏебеде унеб нух букӏиналъ, гьарчал рачӏун, ччукӏелал лъугьун, гьенир гӏемерал квекӏенал ккола чвахунцӏадал ранщинахъе.\nГьеб нухдасан гьединго гӏемер уна туристалги. Гьединлъидал респу- бликаялъул Транспорталъул министерствоялъ туристал раччун хьвадулел къокъачагӏазде хитӏаб гьабуна цӏодорго рукӏаян ялъуни цӏакъго хӏажалъи ккун гурони, гьенисан унгеян."}
{"slug": "17713-tsiidasan-kholel-rugo-tyullenal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17713-tsiidasan-kholel-rugo-tyullenal", "title": "Цӏидасан холел руго тюлленал", "date": "2022-05-18 20:59:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахираб кӏиго анкьида жаниб хвараб 30 ралъдал гьой (тюллень) батана Каспиялъул рагӏалда.\nДГУялъул экологиялъул институталъул нухмалъулев Гӏалимурад Хӏажиевасул баяналда рекъон, киналго ралъдал гьоял ратана тӏад тӏомалъе щибниги гъая ккечӏого, ругъун лъечӏого хун. Гьединлъидал тюлленал цадахъго хвеялъе гӏилла букӏине бегьула цо — гьезда кинаб букӏаниги гӏузру ккей.\nКаспиялъул рагӏалда гъоркьисаги батун букӏана гьединго хвараб 200 ралъдал гьой. 2020 соналда абуни — 300.\nГӏаммаб къагӏидаялъ, киналго эксперталги тӏад рекъон, доб мехалъ гьел хвеялъе гӏиллалъун рехсон букӏана Каспий ралъдал тӏиналдаса къватӏибе пунхъун бачӏараб метаналъ гьел гъанкъун хвей.\nХварал тюлленазул цо бутӏа абуни чӏван батана ралъдал цӏогьабаз-браконьераз."}
{"slug": "17714-turistal-nakh-e-kiantsiizarungutiize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17714-turistal-nakh-e-kiantsiizarungutiize", "title": "Туристал нахъе кӏанцӏизарунгутӏизе", "date": "2022-05-18 21:01:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "18 маялъул радал Махӏачхъалаялда КТОги лъазабун, чӏвана изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул кӏигояв.\nЗакон цӏунулезул рагӏабазда рекъон, гьел хӏадурулел рукӏун руго тахшагьаралда энергетикаялъул объектазда терактал гьаризе.\nГьелдаса чанго сагӏат ун хадуб, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас лъазабуна социалиялги стратегиялъулги кӏваразул объектал цӏакъго цӏунизе жинца тӏадкъай кьун бугилан.\nГьес бичӏчӏизабуна ахираб заманалда республикаялде рачӏунел рикӏкӏен гӏемерал туристал гьединал хӏужабаз нахъе кӏанцӏизаризе рес букӏин."}
{"slug": "17715-360-mln-g-urshchide-putevkabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17715-360-mln-g-urshchide-putevkabi", "title": "360 млн гъурщиде путевкаби", "date": "2022-05-18 21:05:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Риидалил лагеразде лъимал къабул гьаризе байбихьула 6 июналда. Гьенире ине путевкаби къваригӏараз документал кьезе бегьула республикаялъул МФЦязде.\nГьабагӏаталда республикаялъ 94,5 млн гъурщиде 5580 путёвка босун буго тӏоцебесеб сменаялда хӏухьбахъизе ритӏулел лъималазе рикьизе.\nГӏаммаб куцалда абуни, рииялда жаниб бакӏалъулаб бюджеталъ путёвкабазда тӏад харж гьабизе буго 360 млн гъурущ."}
{"slug": "17716-nakh-ratalil-fondaldasa-81-7-mln-g-urushch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17716-nakh-ratalil-fondaldasa-81-7-mln-g-urushch", "title": "Нахъраталил фондалдаса 81,7 млн гъурущ", "date": "2022-05-18 21:09:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Нагагьлъун кӏудияб къадаралда Украинаялдасагун ДНР ва ЛНР республикабаздаса гӏадамал нилъехъе гочун рачӏани, гьезда тӏад харж гьабизе 81,7 млн гъурущ хӏадурун буго республикаялъул хӏукуматалъ.\nГьеб кьезе буго ДРялъул нахъраталил фондалдаса.\nГьеб гӏарцуде гьезие квен-тӏехги, рега-рахъине бакӏалги, дарабиги, чара гьечӏого хӏажатаб къайиги босизе буго."}
{"slug": "17717-kazbekalda-khiukumatal-ul-dandel-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17717-kazbekalda-khiukumatal-ul-dandel-i", "title": "Казбекалда — хӏукуматалъул данделъи", "date": "2022-05-18 21:13:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев, жиндирго кӏиго заместительгун, 12 министргун ва РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъабго депутатгун цадахъ щвана Казбек районалде.\n13 маялда рехсараб районалда хӏукуматалъул бетӏер Гӏ. Гӏабдулмуслимовас тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьор лъуна Бур- тунай, Алмахъ, Дилим, Гуни, Гъостала, Инчха росабалъе лъим бачиналъул, районалда туризм цебетӏезабиялъул, бакӏал раялъул, нухал гьариялъул, хасаб тӏагӏамалъул цӏибил бижулеб «Инчхаялъул авлахъалда» гьеб культура гӏезабиялъул суалал.\nТӏоцебесеб иргаялда, рехсарал росабалъе лъим бачиналдалъун 30 азаргогӏанасев чиясул мурад тӏубазе рес кьезе буго. Гьелда бан анкьго миллион гъурущги харж гьабун хӏадурун буго лъим бачиналъе хӏажалъулеб проекталъулабгун сметаялъул документация. Лъел суал тӏубазе, специалистазул пикруялда рекъон, хӏажалъула 30 млн гъурущ. Гьеб гӏарацги кьезе буго «Бацӏцӏадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъон риччарал сурсатаздасан.\nХӏукуматалъул хӏалтӏухъаби ва депутатал щвана магӏарулазгун чачаназ гӏумру гьабулеб Ленинаул росулъ балеб, 420 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб, школалдеги. Гьеб базе харж гьабулеб буго 46 млн гъурущ. Амма, гьелде тӏадеги, багьаби цӏикӏкӏиналъул хӏасилалда жеги хӏажалъула 12 млн гъурущ. Исана щуабилеб августалде школа бан бахъине кколин лъазабуна хӏукуматалъул нухмалъулес.\nЦинги гьел щвана Дилим росдал школалде. Гьениб хал гьабуна школалъе ремонт гьабулеб бугеб хӏалалъул, хӏалтӏул качествоялъул. Гьенибги жеги хӏажалъулеб буго лъабго млн гъурущ. Щайгурелъул босулеб къайиялъул багьа цӏикӏкӏунеб букӏун.\nГьенисан ана Буртунай, Алмахъ росабаздаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб, тӏадехун рехсарал росабалъе лъим бачине бугеб Ахташ лъар байбихьулеб Хӏаригабурлъиялде. Гьениб халгьабуна лъел гӏолеб къадар бугищали ва гьеб бачине бугеб мухъалъул.\nРузман базе заман щведал, Буртунаялда какги бан, данделъиялъул гӏахьалчагӏаз сапар бухьана Алмахъ росдал ритӏучӏазул фермаялде, туристал рачӏиналъул мурадалда гьабулеб бугеб ком- плексалде. Гьениб гьабуна данделъиги. Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул цеберагӏиялдаса хадуб районалда тӏуразе кколел масъалабазул хӏакъалъулъ кӏалъай гьабуна Казбек районалъул бетӏер Хӏ. Мусаевас.\nКӏалъазе рахъараз рихьизаруна жидеца гьаризе тӏаде росулел ва районалъул къуваталдалъун гьаризе кколел ишал. Амма гьениб туристазул комплекс гӏатӏид гьабизе, тӏоцебесеб иргаялда, хӏажалъулеб ракьул суал жеги данде ккезабун гьечӏолъиялъ районалъул нухмалъулезе бадибчӏвай гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутатал С. Гӏумахановас ва Гӏ. Хӏажиевас. Гьез бичӏчӏизабуна жакъа туризм цебетӏезабиялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи хӏалуцинабичӏони, районалъул ва республикаялъул цебетӏей гӏураб букӏине гьечӏеблъи, рихьизаруна хӏалтӏулъ ругел цогидалги гӏей гьечӏел рахъал. Кӏвар буссинабуна районалда туристазулал комплексал гӏуцӏиялъе хӏаракат бахъизе ккеялде. Къваригӏаралъуб кумек гьабизе жалги хӏадур ругин абуна гьез.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "17719-avarazul-g-ojsu-k-aralazul-gior-giurul-ragial-batsitsiad-gabulago-kh-varab-reportazh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17719-avarazul-g-ojsu-k-aralazul-gior-giurul-ragial-batsitsiad-gabulago-kh-varab-reportazh", "title": "Аваразул Гъойсу, къаралазул гӏор… (Гӏурул рагӏал бацӏцӏад гьабулаго хъвараб репортаж)", "date": "2022-05-18 21:17:12", "categories": ["obshestvo"], "text": "14 маялда Унсоколо районалъул Майданское росдада цебе, Аваргӏурул рагӏалда тӏобитӏана кӏудияб тадбир. Гӏурумухъалъул рагӏа-ракьанде бакӏарун чӏараб кьищни-къул бацӏцӏад гьабизе субботник лъазабун букӏана гьениб.\nМугӏрузул район бакьулъ тарихалда жаниб тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏана гьединаб даражаялъул жамгӏияб тадбир. «Экология» абураб миллияб проекталда рекъон, гьеб тадбиралъе гӏуцӏарухъанлъи гьабу- на «Россиялъул лъим» абураб тӏолгороссиялъулаб акциялъул церехъ- аби Роман Минухиницаги Илья Разбашицаги. Илья ккола гьеб акциялъе кьучӏ лъурав ва гьелъул аслияв хӏаракатчи. Гьединго машгьурав хоккеист, анкьцӏул дунялалъул ва кӏиго нухалъ Олимпиялъул хӏаязул чемпионлъун вахъарав, гьабсагӏат РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Вячеслав Фетисовги вуго гьеб жамгӏияб багъа-бачариялда гьоркьов. Редакциялде битӏун бачӏараб пресс-релизалда хъван букӏана, хӏурматиял гьалбадерида цадахъ, гьевги вачӏине вугин 14 маялда Ун- соколо районалда тӏобитӏулеб субботникалдеян. Амма, щиб ккарабали лъаларо, гьев вачӏинчӏо.\nГендерил тоннелалъги Шамил имамасул биценалъги пана гьаруна гьалбал\nРоссиялъул ва республикаялъул журналистазда цадахъ гьениве щвана гьал мухъазул авторги.\nРоцӏараб ихдалил къоялъ, Махӏачхъалаялъул мэриялъ добеги нахъеги рекӏине кьураб «Мерседес» маркаялъул Sprinter микроавтобусалдаги рекӏун, бицунаго хабаргун, рачӏунел рукӏана ниж. Гӏурччинлъун хадуб гӏажаибго берцинлъун бачӏунеб тӏабигӏаталъул гьайбатлъиялъ асир гьарун рукӏана къватӏиса гьалбал. Буйнакск нахъа тарабго, сверухъ бугебщиналъул суратал рахъизе журана Москваялдаса ячӏарай «Комсомольская правда» газеталъул журналист Яна Поповаги, «Россиялъул лъим» акциялъул PR-махщелчӏужу Юлия Фетисоваги. Дагъистаналде жидер гьаб тӏоцебесеб сапар бугин, гьединлъидал жидее гьаниб гӏемераб жоялъул интересги бугилан мукӏурлъана гьел. Гендерил тоннелалъул кӏалтӏе щведал, нахъеги жидерго смартфонал къватӏире рахъана гьез. Европаялда бищун халатаб тоннельлъун рикӏкӏунеб гьелъул тарихалъул дица бицунелъул, цӏакъ гъираялда гӏенеккунги рукӏана.\nГендерил къварилъухъ бугеб зияраталде цере щведал, Дагъистаналъул тӏоцевесев имам шагьидлъараб тарихияб бакӏалъухъ халгьабизе рес щвана гьалбадерие.\n190 соналъ цебе, 1832 соналъул октябрь моцӏалъ гьениб ккараб тарихияб къеркьеялъул бицана дица гьезие. Бахъун ханжаргун, нилъ, Аллагьас хъван батани, Алжаналда данделъилин цадахъ рукӏараздехун хитӏабги гьабун, сидухъа гъоркье кӏанцӏулаго, хучдузул тӏогьивги къан, имам Гъазимухӏамад шагьидлъун хадув, квералда хвалченги бухьун, сиялъул къваридаб гордухъа къватӏиве кӏанцӏарав Шамил тушбабазул мугъалда нахъа ватанилан абураб, цебеккун нилъеда чанцӏулго рагӏараб, тарихалде араб машгьураб биценалъ пана гьаруна нижер сапарцоял. Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ тарихчагӏаз хъварал рикӏкӏен гӏемерал тӏахьалги рахъарал кинофильмалги рукӏаниги, Россиялдаса рачӏарал туристазул гӏемерисезда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жоцин батуларин бицун букӏана дие чанго къоялъ цебе турфирмаялда хӏалтӏулев гьалмагъас. Гьединго лъалеб батичӏо гьеб нижеда цадахъ рукӏарал гьалбадеридаги. Амма гьалдаса хадуб лъазабичӏого теларин, Москваялде нахъ юссун хадуб, тӏоцебесеб иргаялда, жинца Шамилил хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь босизе бугин рагӏи кьуна Юлия Фетисовалъ.\nЦохӏо имам Шамилил гуребги, нилъер республикаялда хурханщинаб гӏемераб жоялъул интерес бугоан гьелъие. Мисалалъе, нужер гьанир миллияб квен-тӏехалъул хӏурматалда тӏоритӏулел кинал ругониги фестивалал рукӏунарищин гьикъана гьелъ. Нагагь ратани, жиндие бокьилаанила гьединаб фестиваль хадубккун тӏолгороссиялъулаб даражаялда рекъон, Москваялда ялъуни Санкт-Петербургалда, гӏемер чагӏиги данде гьарун, тӏобитӏизе. Араб ва гьелда цересел соназ нилъер гьанир тӏоритӏарал шашликӏалъул, пула- валъул, чаялъул фестивалазул бицана дица гьелъие. Чара гьечӏого гьезул цонигиязулгун бухьен кквелин жинцаян, йохун йикӏана гьоболги.\nРацӏцӏалъи — исламалъул шартӏ\nРадал сагӏат 10 тӏубалеб гӏужалда щвана ниж субботник унеб бакӏалде. Унсоколо районалъул Майданское росдада цебе, гӏор бахун гьанибехун бугеб гӏатӏилъуде бугоан гӏалам бакӏарун. Тӏоцебе бер речӏчӏана Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасдаги ДРялъул тӏа бигӏиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министр Ибрагьим Ибрагьимовасдаги.\nХӏакимчиясул костюмги хисун, гӏадатияв чиясул ретӏа-къаялда, живгоги гӏадатго гьимулев, махсара гьабулев, цӏакъ рази-ракиго вугоан гьев гьеб къоялъ. Тадбиралъул официалияб бутӏа байбихьилалде гьесухъа босана нижеца тӏоцебесеб баянги.\n— Ясли-ахалдаса байбихьун, нилъеда лъала ракьги лъимги нилъер тӏабигӏияб бечелъи букӏин, — ан байби- хьана Ибрагьимовас.\n— Инсаният хьихьизе ракь гьечӏони, нилъехъа гӏумру гьабун бажаруларо, ахал-хурзал лъалъазе гӏоралгун лъарал гьечӏони, нилъер гӏумру чӏола. Лъим гьечӏони, рацӏцӏалъи цӏунунги бажаруларо. Амма рацӏцӏалъиялъе хӏалтӏизабизе чара гьечӏого къваригӏунеб лъимги нилъецаго чорок гьабулеб бугони, кинал гӏадамалха нилъ рукӏинел? Жакъа хӏамамги хӏажатханаги камураб мина-рукъ магӏарухъ батиларо. Цивилизация цебетӏун бугелъул, санагӏатал шартӏал гӏуцӏулел руго гӏадамаз. Гьелда дагӏба балев чи дун гуро, гӏуцӏе шартӏалги, рукӏа берцинаб яшавалдаги. Амма черхалъе рахӏат балагьулел рукӏунилан, сверухъ бугеб тӏабигӏаталда пасатаб къо чӏезабизе бегьилищ? Ба- лагье сверухъе – магӏарухъа эхебе бачӏанщинаб магъакь-кӏачарги рищни-къулги — кинабго чороклъи гӏурулъе бакӏарулеб буго. Гьеб бегьулеб жо гуро. Я диналда, я нилъер гӏадаталда дандекколареб, сурараб, намуслъизе ккараб хӏужа буго гьаб. «Рацӏцӏалъи — исламалъул шартӏ кколин» абун, щибаб гали бахъаралъуб хӏалтӏизабулеб аварагасул хӏадисги буго. Гӏурумухъ чорок гьабулел нилъги руго.\n— Дур пикруялда, кинал ресал хӏалтӏизаризе бегьулел кьищни-къул гӏурулъе бакӏаричӏого букӏиналъе? Мисалалъе, Европаялда цебегоялдаса нахъе хӏалтӏизабулеб буго гьадинаб къагӏида: щивав чияс цӏер батӏа, махх-кӏач батӏа, кагъат, ялъуни гьелда релълъараб цогидаб жо батӏа-батӏа къучӏбухъги сокӏкӏун, рехулеб буго контейнеразухъе. Гьедин тартибалда ва низамалда рекъон гьабураб хӏалтӏиялъ лъикӏаб хӏасилги кьолеб буго. Гьединаб мисал нилъер гьанибги бегьуларищ хӏалтӏизабизе?\n— Бегьула. Амма ясли-ахалдаса байбихьун, тӏабигӏат чорок гьабизе бегьуларин щибаб лъимералда бичӏчӏизабулеб гьечӏони, гьелъул жо кколаро. Жакъа чара гьечӏого мугӏрузул щибаб мухъалда хӏажат руго хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциял. Жакъа нилъеца киназго тӏаделъун гӏурумухъал рацӏцӏад гьарила, хадурккун лъицаниги гьел чорок гьаричӏого рукӏиналъе шартӏалги гӏуцӏила, — ян бицана И. Ибрагьимовас.\nМугӏрузул щибаб мухъалда хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциял разе рукӏиналъул хабар такрар гьабуна республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Нариман Гӏабдулмутӏалибовасги.\nДРялъул хӏукуматалъул программаялда рекъон, жидеда ракӏалда бугин республикаялда кьищникъул батӏа гьабулеб лъабго завод базеян бицана гьес. Вице-премьерасул рагӏабазда рекъон, гьел рукӏине рагӏула гӏодоблъиялда — Махӏачхъалаялда, Дербенталда ва Хасавюрт мухъалда. Гӏураб гӏатӏилъи гьечӏолъиялъ, мугӏрузул мухъазда гьединаб цониги завод базе санагӏалъи гьечӏин абуна вице-премьерас. Амма щибаб районалда хутӏелал рацӏцӏад гьарулеб цо-цониги станция бачӏого теларин рагӏиги кьуна. Гьел киналго программаби рагӏалде рахъинаризе руго 2024 соналъул ахиралдехун.\nРищни-къулалъул гохӏал, ихтилат ва магӏарул квен\nМайданское росдал рагӏалда тӏобитӏараб субботникалде ячӏун йикӏана Россиялъул тележурналист Юлия Михалковаги. «Уральские пельмени» абураб КВНалъул къокъаялъул гӏахьалчагӏигун цадахъ, СТС каналалда юморалъул телешоуялда йихьун ятила нужер гӏемерисезда гьей.\nЦӏакъ йохун йигоан гьеб къоялъ Михалкова. Жий цӏакъ урхъун йикӏанин нужер мугӏрузухъ, вай, дие нуж рокьулел куцилан, лъимер гӏадин, аваданго йикӏана сценаялда.\nАраб соналъги щун йикӏун йиго гьей нилъер гьание. Кутакалда берцинаб тӏабигӏатги, хӏатталдаса ун тӏагӏамаб миллияб квен-тӏехги бугила нужер. Цӏакъ берцинал ясалги ругин, амма ясаздасаги берцинал васал ругилан абуна гьелъ. Гьади- наб берцинаб тӏабигӏат инжит гьа- бизе намуслъизе ккелин, насихӏатги цӏалана. Жакъа бищун лъикӏ хӏалтӏарав чи «ВКонтакте» абураб социалияб гьиналда жиндирго гьу- дулзабазул сияхӏалда гъорлъе жувазе вугилан ракӏ-макӏги гьабуна. Гьал мугӏруздаго йижарай гӏаданалъ кинигин, лезгинка кьурдиги гьабуна тӏабигӏиял сурсатазул министр Ибрагьим Ибрагьимовгун сценаялда.\nСагӏат 11 тӏубарабго, майдан бакьулъ бугеб сценаялде цо-цоккун гьалбалги ахӏун, субботникалъул официалияб тадбиралъе байбихьи лъуна Махӏачхъалаялъул КВНщиказул къокъаялъул вакил Павел Лугуевас. Гьаб нухалъ микро-фоналдасан киназдаго рагӏуледухъ такрар гьабун, цо-цо тӏаде жураялги гьарун, бицана Ибрагьим Ибрагьимовас цебеккун «Хӏакъикъаталъе» кьураб баян.\nРоссиялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул министерствоялда цебе рагьараб Департаменталъул нухмалъулев Роман Минухинилги букӏана лъикӏаб, къокъаб кӏалъай. Амма цеберагӏиялда гьес абуна нужер бугин берцинаб, гьайбатаб, тӏаде ракӏ цӏалеб тӏабигӏатги, бацӏцӏадаб мугӏрул гьаваги, гьарзаго лъим жаниса унел гӏатӏидал гӏоралги. Амма гьеб кинабго берцинлъиги бечелъиги пасат гьабизе бегьуларила.\nГьесдаго релълъараб букӏана РФялъул лъел магӏишат цебетӏеялъул рахъалъ гӏуцӏараб Централъул нухмалъулев Илья Разбашилги кӏалъай.\n638 000 квадратияб метралъ халатал кьищнидул гохӏал\nГӏурумухъал кьищниялдаса ра цӏцӏад гьаризелъун лъазабураб тӏолгороссиялъулаб акция тӏоби тӏулелдаса исана ичӏабилеб сон буго. Гьеб заманалда жаниб гьеб акциялда гъорлъе журан руго ул- каялъул 85 регионалда гӏумру гьабун ругел гӏадамал. Волонтёразул къокъаялъ гьеб ичӏабго соналда жаниб бацӏцӏад гьабун буго 10300 лъел мухъ, бакӏарараб кьищни-къулалъул гохӏалъул абуни, гӏун буго 638000 квадратияб метр. Гьеб кинабго нахъе баччизе хӏажалъун буго 67160 КамАЗ. Акциялъе кверчӏвай гьабун, хӏалае рачӏун руго РЖД ва РМК абурал компаниялги. «Россиялъул лъим» акциялъул хӏаракатчагӏазда ракӏалда буго 2022 соналда жаниб улкаялда 13000 субботник тӏобитӏизе. Исанасеб тӏоцебесеб гьединаб тадбир тӏобитӏизе жидеца хас гьабун Дагъистан тӏаса бищиялъе гӏилла баян гьабулаго, Илья Разбашица гьадин бицана «Хӏакъикъат» газеталъе.\n— Киназдаго лъала Дагъистан къанагӏатаб тӏабигӏаталъул регион хӏисабалда гуребги, туристазул ракӏ тӏаде цӏалеб гьайбатаб ракь букӏинги. Гъоркьиса нужер гьанире гӏемерал туристал рачӏана. Исанайин абуни, гьезул къадар кӏиго, хӏатта лъабго нухалъги цӏикӏкӏине бугин рагӏана. Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, гьел тӏаде щвелалде, тӏоцере берда цере рехулел лъел ва гӏурумухъал кьищниялдаса рацӏцӏад гьаризе ккола. Гьеб рахъги хӏисабалде босун, рачӏана ниж жакъа мугӏрузул районалде, — ян бицана Илья Разбашица.\nУнсоколо районалъул нухмалъулев Гӏиса Нурмухӏамадовасги тӏаде жубана жал ругин сверухъ ругел районазде нух бикьулеб бакӏалда бакьулъ гӏадин. Гьединлъидал эхедехун ругел росабалъа иххалъ босун бачӏунеб чороклъиги кьищни-къулги жидехъе бачӏунин бакӏарун. Гьеб рахъги хӏисабалде босун, рачӏун ругин субботникалда гӏахьаллъизе анкьго батӏияб районалдаса гӏадамалилан бицана Нурмухӏамадовас.\nБищун къанагӏатаб кьищни – такъия\nГьелдаса хадуб байбихьана кьищни бакӏаризе. Цӏер, маххкӏач, чӏорто-къехь, пластик батӏабатӏаго, ункъо батӏияб бутӏаялде бикьун бакӏарулеб букӏана гӏадамаз кьищни. Кӏиго сагӏаталда жаниб гӏурумухъалъул рагӏа-ракьанда сигареталъул бухӏунхутӏцин хутӏичӏин ккола. Бакӏарараб кьищни жанибе бакӏарарал чӏахӏиял хъапазул ахиралде кӏудияб гохӏ гӏуна. Гьитӏинав-херав батӏа гьавичӏого, цӏакъ хӏаракаталда хӏалтӏана нуснус чи. Гӏахъуша, Лаваша, Лак районаздаса рахъарал тумазул ва даргиязул росабалъаги чагӏицин рачӏана гьеб къоялъ субботникалда гӏахьаллъизе. Ахӏулеб кечӏги, белъунеб, бежулеб гьанги букӏана. Гьекъезе, КамАЗ цӏун, цӏорораб лъимги букӏана чӏезабун. Гӏураб ихтилат букӏана Аваргӏурул рагӏалда араб шамат къоялъ. Гьебго къоялъ гӏурумухъ бацӏцӏад гьабиялъул тадбир тӏобитӏана цогидал районаздаги. Кинабниги 19 район гӏахьаллъана гьеб хӏалтӏуда гъорлъ.\nСубботникалъул ахиралдехун бищун лъикӏ хӏалтӏарал чагӏи къиматал сайигъатал кьун, кӏодоги гьаруна акциялъул гӏуцӏарухъабаз. Сайигъатал гьединго кьолел рукӏана, мисалалъе, кьищни-къулалда гьоркьоб бищун гӏадатияб гуреб жо батарав чиясеги. Гьеб щвана нусго батӏияб магъакь-кӏачаралда гьоркьоб как балеб мехалъ лъолеб такъия батарай Унсоколо районалдаса цо гӏаданалъе.\nБакъаникак ахӏизе заман гӏагарлъидал, биххана субботник. Тӏубарал моцӏаз жиндирго квенчӏелалде бакӏарун букӏараб рищни-къулалдасаги бацӏцӏалъун, Аваргӏорги, цӏияб ретӏел ретӏарав гӏолохъанчиясда релълъун, бакъуда дандеги кенчӏелаго, ахӏулаго жиндирго ругьунаб шигӏругун, ана тӏасан гӏодобе чвахун. Тӏокӏаб дур азбаралъул ракьанде агъзинлъи гьабулев чи ккогегиян, гьелъие гьара-рахьиги гьабун, гьаругьин, гӏурул чвахиялде ракӏги гъезабун, шагьаралде нахъ руссана нижги.\nАшахан Юсупов, Унсоколо-Майданское-Махӏачхъала"}
{"slug": "17721-uchitell-i-tun-batiiyab-khialtii-kivarichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17721-uchitell-i-tun-batiiyab-khialtii-kivarichio", "title": "Учительлъи тун батӏияб хӏалтӏи кӏваричӏо", "date": "2022-05-18 21:25:19", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДРялъул Лъай кьеялъул отличник, РФялъул Гӏаммаб лъай кьеялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Хӏажиева 50 соналъ хӏалтӏулей йиго Хашархотӏа росдал школалда учительницалъун. Байбихьуда микьго соналъ гьелъ дарсал кьуна байбихьул школалда ва гьелдаса хадуб гьелъ кьолел руго чӏахӏиял классазе магӏарул мацӏалъул дарсал.\nГьелъул эмен Муртазагӏали вукӏана байбихьул классазул учитель. Гьев хӏалтӏана Гумбет районалъул Бакьулъ Гьарадерихъ, Инхо ва цогидал росабазул школазда. Цӏунтӏа районалде гочун хадуй хӏалтӏана Хашархотӏа, Хӏибиялъ, Вицӏиялъ, Асахъ, Азилтӏа росабазул школаздаги. Эбел йикӏана колхозчӏужу. Гьелъ тӏубалаан рукъалъул хӏалтӏиги. Гьелъ абулаан: «Учительзабазе чед бежулаго ана дир гӏумру», — ян. Эменги ункъабго лъимерги учительзабилъун рукӏиндалха.\nПатӏимат, росулъ микьгосонилаб школаги лъугӏизабун, ана Буйнакскиялъул педучилищеялда цӏализе. Гьелдаса хадуй хӏалтӏана росулъ ва цадахъго цӏалана ДГУялъул филологияб факультеталда, лъугӏизабуна РДО. Заочно гьабулеб цӏали бигьаяб букӏинчӏо: цадахъго тӏубазе кколаан рукъги (росасе ун йикӏун), хӏалтӏиги ва цӏалиги. «Доб заманалда гӏемер цӏалдезе кколаан. Гьанже гӏадин, цӏаличӏониги, лъикӏаб къимат щолароан. Лъабилазда цӏализе дир ракӏалъги къабул гьабулароан. Дарсал рукӏунаан къаденахъе. Гьениса рокъоре щведал, дагьаб мехалъ хӏухьбахъи гьабулаан, кваналаан ва байбихьулаан цӏалдезе, цебеккунго цӏалараб такрар гьабизе. Гьедин рогьунаан сордо», — ян ракӏалде щвезабуна Патӏиматица.\nШколалда дун цӏалулеб заманалда Патӏиматицаги кьуна дие дарсал. Гьелъ бицунеб магӏарул мацӏалъги лъуна дир лъай камиллъиялъулъ кӏудияб бутӏа. Дун рухӏдаллъулаан гьелъул бечедаб, мухӏканго гьаркьал рахъулеб, берцинаб ва пасихӏаб магӏарул мацӏалда. Нижерго хасаб мацӏ бугелъул, щивасухъа гуро гьедин бицун бажарулеб букӏараб гьеб. Гьелъул мацӏалъул берцинлъиялъ жеги бокьизабуна дие магӏарул мацӏ. Гьелъ цӏалулел адабияталъул асаразул багьадурал чӏаголъулаан нижее дарсида. Гьайгьай, гьелда релълъун кӏалъазе гъираги базабулаан. Амма гьанже гурони, дие таваккал гӏечӏо гьедигӏан лъикӏ магӏарул мацӏ лъаялъе гӏиллалъун щиб ккарабин гьелда гьикъизе.\n«Нижер хъизамалда букӏана кӏиго батӏияб мацӏ: бежтӏадерил (эбелалъул) ва литературияб магӏарул (инсул). Эмен рокъов вугеб мехалда нижер рокъоб букӏана авар мацӏ. Нижго хутӏидал бицунаан эбелалъул мацӏ.\nДир эмен вукӏана бацӏцӏадаб магӏарул мацӏ бицунев чи. Нижедасаги гьебго тӏалаб гьабулаан. Росулъ бугеб сверелалда ниж кӏалъани, эмен семулаан. Гьев кколаан Гьарадерихъа. Эбел – Хашархотӏаса. Гьел дандчӏвана дагъистаниял Чачаналде гочинарураб мехалда. Эбелалъул хъизамалъ гӏумру гьабулеб букӏана Курен-Беной росулъ. Дида макьилъ гӏадин цебетӏамула Чачаналъ букӏараб нижер гӏумру. Гьениб букӏунаан хьитазда рекӏарулеб хӏарщ. Гохӏда гӏадин, тӏарада букӏана нижер мина. Ахада, майданалда, букӏана школа, библиотека, росдал центр. Гьенив школалда ва библиотекаялда хӏалтӏулев вукӏана эмен. Гьениб ккун буго эбелалъулгун лъай-хъвайги», — ян бицана Патӏиматица.\nГьелъ щуго сон бараб мехалда, дагъистаниязе ихтияр кьуна ватӏаналде тӏадруссине. Муртазагӏалил хъизамалъ лъагӏелалъ гӏумру гьабуна Хашархотӏа, хадуб – Гьарадерихъ ва хадурги тӏад руссана Хашархотӏе.\n«Гьабсагӏаталда цӏакъ захӏмалъула лъималазда магӏарул мацӏалда хъвараб текстги грамматикаги бичӏчӏизабизе. Гьелъие гӏилла буго сверухълъиялда гьеб мацӏалда кӏалъангутӏи. Эбел-инсуца цӏалуларо авар мацӏалда я газета, я тӏехь, я художествияб асар. Радиоялдаса кьолеб передачаги киназдаго гуро рагӏулеб. Гӏумру унеб буго, магӏарул мацӏ лъалел лъималазе дарс кьезе анищгун. Тӏубалеб гьечӏо дир гьеб.\nГӏажаиблъи – ингилис мацӏ лъазабизе гъира букӏуна. Щай букӏине кколареб магӏарул мацӏалде рокьи? Гьеб буго дида жаваб батулареб суал. Социалиял гьиназдаги ингилис мацӏ хӏажалъулин абунгӏаги батилаха гьелде рокьи бугеб», — ан ургъел бикьана П. Хӏажиевалъ.\nЦо чанго соналъ цебе нижеца хъван букӏана «Магӏарул мацӏ рихарав директор» абураб макъала. Гьелъие гӏиллалъун букӏана Хашархотӏа росдал школалъул директорас авар мацӏалъул дарсал дагьлъизариги гьездаса цӏалдохъаби эркен гьариги. Бежтӏа участокалъул цогидал школазде дандеккун, гьабсагӏаталда гьадинаб хӏал буго Хашархотӏа росдал гьоркьохъеб школалда: байбихьул школалда магӏарул мацӏалъе кьун буго лъаб-лъаб сагӏат щибаб классалда ва тӏасиял классазда – ункъ-ункъ сагӏат (5-9 классазда) ва 10-11 классазда – лъаб-лъаб сагӏат. Гьелъие сабаблъун ккола школалъул администрациялъул магӏарул мацӏалде бугеб рокьи. Бокьун буго «Хӏакъикъаталъул» рахъалдаса школалъул директор Ибрагьимхалилов Ахӏмадие гьелъухъ баркала кьезе.\nЖакъа школалда ругел масъалаби рехсолаго, Патӏиматица абуна, киналго школазда, хасго гӏицӏго магӏарулаз гӏумру гьабулел росабазулъ, чарагьечӏого цӏикӏкӏинабизе кколин рахьдал мацӏалъул дарсазул къадар. Гьединабго масъалалъун рикӏкӏуна гьелъ цӏалул тӏахьал ва методикиял пособиял басмаялде рахъиги. Масала, ичӏабилеб классалъе адабияталъул тӏехь къватӏибе бахъараб заман кӏочанин жиндаян абуна гьелъ. Гьечӏо 10-11 классазе мацӏалъул тӏахьалги – микьабилеб ва ичӏабилеб классазе ругел тӏахьал хӏалтӏизаризе кколел руго гьезул бакӏалда. Щиб гьабунги, рахьдал мацӏалде бербалагьи хисизабулеб закон ургъизе къваригӏун бугоян абуна гьелъ. «Масала, цебе ичӏабилеб классалда кьолаан рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги экзамен. Къоло цо билет букӏунаан ва щибалда – кӏиго мацӏалъулги цо адабияталъулги суалал. Дир рукӏунаан гьеб къоло цоябго билеталъе жаваб кьун бажарулел цӏалдохъаби. Экзамен кьезе кколеблъи бичӏчӏулел цӏалдохъабазул жавабчилъиги гьезул эбел-инсул тӏалабчилъиги букӏунаан. Гьанже гьеб гьечӏо. Щай бегьулареб гьеб тӏад буссинабизе?» — ян суал лъуна Патӏиматица.\nИсана Патӏимат Хӏажиевалъул педагогияб стаж бахуна 50 соналде. Гӏолохъанлъудаго гӏадин, гъира-шавкъалда хӏалтӏулей йиго гьей жакъаги. Гьелъул хӏалтӏул аслулъун ккола класстун къватӏирехунисел тадбиралги, республикаялъул къецаздегун олимпиадабазде цӏалдохъаби хӏадуриги, хъвадарухъабазулгун шагӏирзабазул творчествоялъул сардал гӏуцӏиги. Гьеб хӏаракаталъул хӏасиллъун ккола республикаялъул къецазда Патӏиматил цӏалдохъабаз кколел цересел бакӏал. Масала, Расул Хӏамзатовасул юбилеялда бан тӏобитӏараб «Дир ракӏ мугӏрузда буго» абураб конкурсалда Хӏажиевалъул цӏалдохъаналъ хъвараб сочинение мустахӏикълъана тӏоцебесеб бакӏалъе. «Учительлъи тун батӏияб хӏалтӏи гьабун бажарилароан дихъа. Букӏана моцӏрол харж кватӏизабулеб яги чамалиго моцӏалъ кьолареб заманги. Хӏалбихьана дармиде юссинеги. Амма дир жо ккечӏо – ракӏалъ къабул гьабичӏо батӏияб пиша», — ян абуна гьелъ."}
{"slug": "17722-kiudiyab-darmidasa-rokhagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17722-kiudiyab-darmidasa-rokhagi", "title": "Кӏудияб дармидаса рохаги!", "date": "2022-05-18 21:33:55", "categories": ["obshestvo"], "text": "Щибаб соналда дунялалдаго кӏодо гьабула Хъизамалъул халкъазда гьоркьосеб къо. Россиялда гьеб кӏодо гьабизе байбихьана 1995 соналда. Исламалъги кӏудияб кӏвар кьола хъизам гӏуцӏиялде, иман бугел лъимал гӏезариялде. Жиндир заманалда хъизам гӏуцӏиялъ гӏадамал мунагьаздаса, квешлъиядаса цӏунула. Жакъа хъизамал риххиялъул хӏужаби гӏемерлъараб заманалда нилъеца цӏикӏкӏун кӏвар кьезе кколеб буго гӏолеб гӏелалъе исламияб тарбия кьеялде. Хъизамалъулъ ва гӏагарлъиялда гьоркьоб букӏине кколеб бухьеналъул хӏакъалъулъ гӏемерал хӏадисал руго.\nНилъер аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Я, гӏолилал. Хъизам гӏуцӏизе нужер рес батани — гӏуцӏе. Гьелъ инсан гьукъаралде балагьизе виччаларо ва хасият бацӏцӏад гьабула. Ригьин гьабизе рес гьечӏез кӏал кквеян абе, кӏал кквеялъ гӏодоре риччазарула», — ян.\nГьединго аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадис буго: «Я, бусурбаби! Нужер ясал релълъуна гъотӏода барщараб пихъида. Пихъ бакӏаризе ккола гьеб барщараб гӏужалда, гурони бакъуца, гьороца, цӏороялъ гьеб хвезабула. Гӏемераб мехалда щибго пиша гьечӏого гьел тани, хадуб ккаралъул нужедаго гӏайиб букӏина. Гьел чӏагоял гӏадамал руго ва гьезулги хьулал рукӏуна», — ян.\nНилъер жамгӏияталда гьоркьоб кинаб кӏварха кьолеб хъизам гӏуцӏиялде. Магӏарулазул аби буго рукъалде руссине гӏурал гӏолилазе «Кӏудияб дармидаса рохун хутӏаги», — ян гьара-рахьи гьабулеб. Битӏахъе гьединги кколеб буго. Бичулесулги босулесулги яхӏалда бараб букӏунеб буго гӏемерисеб мехалда гьеб «дармил», ай цӏияб хъизамалъул къисмат. Даранчияс махсараде ккуралги дандчӏвала, даранчи махсараде ккуралги лъугьа-бахъинал камуларо. Пихъ бичулелъул цогӏаги турараб гьоркьобе ккани аскӏоб букӏанщинабги рокъобе щвелалде турун батула. Гьелдаго релълъун лъикӏайин еццун багьа бахинабун ячарай нусалъ жиндирабго хъизанги биххизабизе рес буго, росасул гӏагарлъиялда гьоркьобги ракӏбакъвай цӏикӏкӏине буго.\nГьеб кӏудияб дармилъ нилъецаго рекӏкӏги гьабун, хадуб, ригьнада баракат лъечӏин зигардизе журала нилъ. Нилъер жамгӏияталда гьоркьор гӏемерисел ригьнал кин тӏоритӏулел? Васасе чӏужу ячунеб къо буссуна цогидал гӏадамазда жидерго бечелъи ва гуч бихьизабулеб тадбиралде. Рес гьечӏонигицин, цоцояз кредитал росун, налъаби гьарун реццалъе кӏудиял залал ккола. Гьениб исрап гьабула квен. Цо-цояз гӏаракъи-чагъирги лъола цебе. Аллагьасда баракат гьаризе кколеб, инсанасул гӏумруялъул бищунго кӏвар бугезул цояблъун кколеб къоялъ гьекъелги, цогидаб гьукъараб ишги гьабун бертин тӏобитӏараб хъизамалъул кинаб икъбалдай букӏинеб? Бертадул къо кӏодо гьабун, инсуца аскӏов гӏодовги чӏезавун гьекъолдизавулев васасул кинаб жавабчилъи букӏунеб хъизамалда цебе?\nАхирал соназда нилъ гьелдаса дагь-дагьккун нахъе къалел ругин абизе бегьила. Цо-цояз кьурдикечӏалдаса инкар гьабун, нашидал ахӏун тӏоритӏулел бертаби тӏаса рищулел руго. Кин букӏаниги, гьенибги кванил исрап гьабула, видео, суратал рахъулел гӏадамазе хъат цӏун гӏарац кьола. Чанго соналъ хъизамалъго данде гьабунщинаб гӏарацги хвезабун рихьдае чӏухӏараб бертин гьабула. Бахӏаралъе чӏухӏараб чемодан босула. Цӏи гӏуцӏараб хъизамин абуни, ахирги, ижараялъе ккураб квартираялда бетӏербахъиялда тола. Гьелъул хӏасилги гӏемерисеб мехалда лъикӏаб кколаро.\nХъизам – дунялалдаги ахираталдаги хвасарлъи\nХъизам гӏуцӏи Аллагьасда цебе налъилъун ва аварагасул (с.гӏ.в.) суннатлъун ккола. Гьелъул магӏна ккола – инсанас хъизам гӏуцӏиялъул кумекалдалъун кӏвар бугел социалиял рахъал тӏуралел рукӏин. Гьелдалъун инсанасул хадусеб наслу лъугьуна. Лъимал гьарун хадуса эбел-инсуе Аллагь разилъи щола, лъимал гьариялдалъун ракьалда инсаният цӏунула, аварагасул уммат цӏикӏкӏинабиялдалъун гьесдехун рокьи бихьизабула, эбел-эмен хун хадуса гьезие дугӏа гьабиялдалъун, гьезие бигьалъи щола.\nКъиямасеб къоялъ эбел-инсуе хӏалае рахъуна гьитӏинго хварал бусурбабазул лъимал. Гьеб хвалилъ, Аллагьасул къадаралда разилъун, эбел-инсуца сабру гьабун букӏун батани. Гьелъул хӏакъалъулъ Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Хӏакълъунго лъималаз жидерго эбел-эмен алжаналъуре рачуна», — ян.\nХъизамалъулъ куцала чӏахӏияздехун адаб ва гӏисиназул тӏалабагъаз гьаби. Хъизам ккола рокьул ва тарбиялъул тӏоцебесеб аслу. Гьединаб бербалагьи буго исламалъул хъизамалдехун.\nНилъер аварагас (гӏ.с.в.) хӏадисалда абулеб буго: «Аллагьасда божулезда гьоркьов бищунго камилав динияв чилъун ккола хъизамалдехун бищунго лъикӏав чи», — ян.\nАбу Гьурайратица бицараб хӏадисалда буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул киналго ишал гьоркьор къотӏула, лъабгояб хутӏизегӏан. Гьел ккола: инсан хун хадубги гӏадамазе пайда букӏунел, гьес гьарурал лъикӏал ишал ва садакъа (масала, гъветӏ чӏей, кьо яги мажгит бай, нухал къачӏай ва гь.ц.); гӏадамазе пайда бугеб лъай кьей; Аллагьасда цебе жиндие гӏоло дугӏа гьабулеб, иман бугеб лъимер».\nГьединго Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Бищунго кири цӏикӏкӏараб лъикӏаб ишлъун ккола – жиндирго хъизам хьихьи».\nЛъикӏаб хъизамалъул гӏаламат\nДунялалдаги ахираталдаги инсанасе хвасарлъи щолеб хъизам кинабха букӏине кколеб? Гьеб суалалда тӏаса вагӏзаби гьарула нилъер имамзабаз, амма цо-цоязда гьез бицараб гӏаксалда бичӏчӏун батула, цогидаз жидеего пайдаябги гьоркьоса бищун тола. Гӏемерисез шаргӏалдаса гуреб, гӏадатаздаса пайда босулеб буго. Гьелдалъун, исламалъ инсанасе кьурал ихтиярал хвезарулел руго. Хъизамалда гьитӏинабгӏаги бичӏчӏунгутӏи ккани, гӏагарлъиялъухъе, гьудулгьалмагъзабазухъе рекерулел руго «гӏакълу» цӏехон. Исламалъ гьукъула рос-лъадуца цоцазул гӏайибал къватӏир чӏвазе.\nЦо-цо хъизамазда рос-лъади гьалмагъзабилъун рукӏине кколеб бакӏалда данде къец ккураллъун лъугьуна. Исламалда рекъон, рослъадуца цоцазе квербакъизе ккола, цоцада ричӏчӏизе ккола.\nХъизамалъул бетӏер рос вукӏинги кӏочон тун батула цо-цоязда гьоркьоб. Росас бетӏерлъи гьабичӏеб мехалда чӏужуялъ босула гьеб тӏаде. Гьединал хъизамазда бетӏерлъи гьабизе лъугьуна росасул эбел-эменги. Талихӏги букӏунаро бетӏергьанчи гьечӏеб хъизамалда.\nТӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго, магӏна: «Гьел (лъудби) – ккола нужее ретӏеллъун, нуж (росал) – гьезие ретӏеллъун ккола (росги чӏужуги цоцазе хӏажатал руго, инсанасе ретӏел хӏажатаб бугеб кинниги)» (сурат Бакъарат: 187)\nХӏисаб гьабураб мехалда гьедин букӏинги бихьулеб буго. Ретӏел буго инсанасе тӏоцебесеб иргаялда къваригӏунеб жо. Гьелъ нилъ квачалдаса цӏунула, нилъ берцин гьарула. Рос-лъадуда гьоркьоб хинлъи букӏин гьеб ккола лъикӏаб хъизамалъул гӏаламат. Гьединаб хъизамалъулъ рос яги лъади сах-саламатго аскӏор рукӏинцин парахалъилъун лъугьуна.\nНилъер ретӏел ккола нилъер черхалде бищунго гӏагараб жо. Гьединаб букӏине кколин рос-лъадуда гьоркьоб бугеб бухьенгиян абураб магӏна гьабула цебехун рехсараб аяталъулги. Рос-лъадуца цоцазулгун ургъел бикьизе ккола, бадирчӏваяздаса, тӏад релъиялдаса яги ричӏчӏунгутӏиялдаса хӏинкъичӏого.\nРатӏлица нилъ квачалдаса, багӏариялдаса цӏунула, гьединго нилъер чорхол кинабгӏаги мукъсанлъи, гӏужал, ругънал, кьаралъи бахчула гьелъ. Гьелдаго рекъон, рос-лъадуца цоцал цӏунизе ккола, чиядаса гурелги жидедасагоги. Жив хъизамалъул бетӏер вугин абун чӏужу юхинги рекъараб гьечӏо бусурбанчиясда. Лъадиялъул кинабгӏаги гъалатӏ батани, гьеб цадахъ тӏубазе ккола.\nРос-лъадуца жидерго хъизамалда гьоркьове лъабабилев чи виччазе бегьуларо, гьелдалъун щайтӏаналъе рес щолеб буго гьезда гьоркьобе ракьа рехизе. Нилъер ретӏел чороклъани, гьеб нилъерго рокъоб, чияр бердаса бахчун чурула, бацӏцӏад гьабула нилъеца. Чурун течӏого итуги чӏвала. Гьелдаго рекъон, гӏайиб ккарай лъадул яги росасул гъалатӏ рокъобго бацӏцӏине лъикӏаблъун рикӏкӏуна исламалъги.\nЦогидал хъизамазухъ балагьун, гьезул талихӏалда жахӏда бан, росасда яги лъадуда гӏайибал чӏвазе гӏедегӏизе бегьуларо. Нилъеда берцин бихьунин абун мадугьаласул ретӏел, нилъеда ретӏун рекъоларебго гӏадин, гьесул хъизамги жиндаго рекъараб батула.\nМухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) хӏадисалда абулеб буго: «Нужер щивав ккола вехь ва щивас жидерго рехъадул жавабги кьезе ккола. Бихьинчи ккола жиндирго хъизамалъе вехьлъун. Чӏужугӏаданги ккола жиндирго росасул рукъалъул ва лъималазул тӏалаб гьабулей вехь».\nАллагьас жидеда тӏадаблъун гьабураб иш щивас тӏубалеб бугони, хъизамалда талихӏги букӏина.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17723-giazdalab-dekabralda-bakkarab-tiogol-khinl-iyal-ukh-e-fazu-gialieva-gayuraldasa-90-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17723-giazdalab-dekabralda-bakkarab-tiogol-khinl-iyal-ukh-e-fazu-gialieva-gayuraldasa-90-son-tiubayalde", "title": "Гӏаздалаб декабралда баккараб тӏогьол хинлъиялъухъе /Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялде/", "date": "2022-05-18 21:40:47", "categories": ["kultur"], "text": "Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида\nЛъицадай малъараб гьаб дунялалда?\nЛъица абадиялъ унареб хӏалалъ\nХӏасратаб дир рекӏелъ бикӏараб дур цӏар?\nХоралда ахӏулеб Фазу Гӏалиевалъул гьаб кечӏалдасан байбихьана шагӏиралъул творчествоялъе сайгъат гьабураб «Чӏагояб классика» абураб фестиваль. Гьенир гӏахьаллъана магӏарул районазул ва гьединго шагьаразул учительзаби ва цӏалдохъабикинавниги 196 чи. Гьезул гӏемерисел рачӏунги рукӏана 11 маялда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб тадбиралде.\nСухъмахъал рукӏуна батӏи-батӏиял,\nРохел гьурщулелги гьеб чӏинтӏулелги.\nДирги цӏакъ гӏемерал сухъмахъал руго,\nСухъмахъазул буго жидерго къисмат… (Фазу ГӏАЛИЕВА)\nГьеле гьел сухъмахъазухъе ахӏун рукӏана Фазу Гӏалиевалъ жиндирго шигӏраби рокьулел магӏарулал. Гьаб нухалда данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда. «Хӏакъикъат» газеталъ гьениб тӏобитӏулеб букӏана шагӏиралъул творчествоялъе сайгъат гьабураб «Чӏагояб классика» абураб фестиваль.\nХӏурматиял «Чӏагояб классикаялъул» гӏахьалчагӏи! Тӏоцебесеб иргаялда, ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго нужее.\nНужер кумекалдалъун гӏуцӏун бажарараб байрамалда гӏажаибго берцинал накъишал хъван рукӏана нужеца. Щивав гӏахьалчияс рикӏкӏунеб кечӏалъги прозаялдаса бутӏабазги гӏенеккарал дагь-дагьккун рачунел рукӏана шагӏиралъул сухъмахъазде.\nБайрамалъул гӏахьалчӏужу, ахирал соназ шагӏиралъул кумекчӏужулъун йикӏарай, гьабсагӏаталда гьелъул творчествоялда тӏасан гӏелмияб хӏалтӏи хъвалей йигей ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Мариза Мухӏамадовалъ жиндирго кӏалъаялда кьуна нужее цӏакъго тӏадегӏанаб къимат:\n— Хӏурматиял конкурсалъул гӏахьалчагӏи. Жакъа нужеца гьабулеб буго цӏакъго кӏвар бугеб иш. Бачӏунеб гӏелалъухъе кьолеб буго авар адабияталде бугеб кӏудияб рокьи. Гьаб нухалдаги нужеда лъалеб букӏана кӏудиял сайгъатазда хадур рачӏунел гьечӏеблъиги. Гӏицӏго – грамотабазда хадур. Гьеб гурищ хӏикмалъи. Гьеле гьединал гьайбатал гӏадамаз берцин гьабун буго дунял. Нужелъ бугеб рухӏияб бечелъиялда жакъа дун бахиллъана, — ян абуна гьелъ.\nМаризаца абураб битӏарабха бугеб. Нуж, дир хириял учительзаби ва цӏалдохъаби рукӏинчӏелани, байрам додигӏан берцинаблъун лъугьине букӏинчӏо. Гӏиси-бикъинал гъалатӏалги камилищха. Гьел киназулго хӏисабги гьабун, тӏадеялъул тадбир тӏобитӏизе ракӏалде ккана дагьабги гӏатӏидго – Авар театралда. Гьеб мехалда киназего жеги рес ккела кучӏдулги цӏализе жидерго пагьму-гьунарги бихьизабизе. Баркала киназего. Гьеб кинабго лъугьине буго гӏицӏго нужер гӏахьаллъиялдалъун.\nГьанже бицина газеталъул гьудулзабазе нужер рухӏияб берцинлъиялъулги хӏакъалъулъ.\nЩибаб лахӏзаталъулъ даимлъи буго\nРалъад, гӏодоб биччан, гӏунун чӏун буго,\nГӏемер квачӏид бахъун, свакан батила.\nДир гьинал ракӏ, дуе букӏунареб щай\nЦо лахӏзаталъгӏаги хӏалхьиялде ин?\nФазу ГӏАЛИЕВА\n— Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида…\n— Гьаб бигъараб гӏомо дир гӏумру буго…\n— Балъголъаби руго сардил бецӏлъидакь…\n— Нухда лъурал гудрал гӏемер рукӏуна…\n— Зодихъ цӏваби руго сихӏкъотӏиялда…\nЦӏидасанги рагӏулеб буго шагӏиралъул шигӏрабазул гьаракь. Гьезул щибаб лахӏзат ине буго даимлъиялде. Шагӏиралъул шигӏрабазул гъасде сапаралъ рачӏаразул къадар цӏикӏкӏараб букӏана — Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Цӏумада, Чӏарада, Хунзахъ, Унсоколо, Хьаргаби, Гумбет, Болъихъ, Гъуниб, Махӏачхъала, Буйнакск, Каспийск, Гъизилюрт, Гъизляр ва гь.ц.\nЩивав гӏахьалчи мустахӏикъав вукӏана реццалъе. Гьайгьай, гьал киназулго цӏарал рехсезе хӏалкӏвеларо – 188 цӏалдохъан ва учитель гӏахьаллъана исана тадбиралда. Фестивалалде рачӏаразда байрам баркана профессор Мухӏамад Мухӏамадовас, шагӏирзаби Залму Батировалъ, Тубхӏат Зургьаловалъ ва Залму Мухӏамадовалъ, «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ. Гьединго кӏалъазе рахъана учительзаби – Хунзахъ районалдаса Барин Гӏабдулатӏипова, Саида Хӏусенова, Патӏимат Хӏамзатова, цӏарал ракӏалда чӏечӏониги, Гъизляралдаса, Буйнакскиялдаса, Махӏачхъалаялдаса вакилзаби. Тубхӏатица цӏалана жинцаго шагӏиралде гьабураб кечӏги.\nБихьулеб букӏана шагӏиралъул прозаги поэзияги цӏализе лъималазул букӏараб гъира. Гьелъулъ букӏана тадбиралъул аслияб магӏнаги.\nТадбир берцин гьабуна композитор Каримулагь Гӏабдулаевас, кочӏохъаби Ахӏсарат Хӏайбулаевалъ, Даку Хӏажиевас, Салим Камиловас, Патӏимат Хӏажиевалъ, Шамсигат Шапиевалъ, Шамил Ханакаевас. Фазул рагӏабазда гьез ахӏарал кучӏдуз кӏудияб асар гьабуна байрамалде рачӏаразе.\nГазеталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Манаповас хӏадурараб сценариялда рекъон, тадбир нухда бачана газеталъул хӏалтӏухъаби Зульфия Хӏажиевалъ ва Мухӏамад Дудуевас. Нахъеги рагӏулеб буго шагӏиралъул гьаракь:\n— Гӏемерал суратал рахъун руго дир,\nНахъе хутӏаразда ракӏалде щвезе.\nАмма гьел сураталъ рихьизе гьечӏо\nДир бацӏцӏадаб ракӏги роцӏараб рухӏги.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "17724-sunde-mashg-ull-un-vukiinev-pensioner", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17724-sunde-mashg-ull-un-vukiinev-pensioner", "title": "Сунде машгъуллъун вукӏинев пенсионер?", "date": "2022-05-18 21:48:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жакъа херал чагӏазул гӏемерисел хутӏун руго лъиего хӏажаталлъун гьечӏолъиялъул ва гӏадамазул тӏалаб-агъазалдаса махӏрумлъиялъул асаралда гъоркь. Экспертазул пикруялда рекъон, гӏемерисел харабазул буго цӏияб хӏукуматалъул гӏуцӏиялъ жал гукканин абураб ракӏхвейги. Гьез кинго къабул гьабулеб гьечӏо гӏумру гьабиялъул цӏияб къагӏида. Ва гьеб киналъулго хӏалуциналда дугъдан чӏезарун руго нерваби. Харабазе чара гьечӏеблъун ккола сверухъ ругезул, хасго гӏагарал чагӏазул адаб-хӏурмат ва тӏалаб-агъаз. Гьезие кванил, ратӏлил къварилъи биччачӏониги, гӏагарал чагӏазулги, жидерго яшав-магӏишаталде риххун, кидаго гуро заманги, ресги, къуватги букӏунеб херал чагӏазде тӏаде-гъоркье ине, гьезулгун бухьен гьабизе.\nХерлъиялъул адаб гьечӏо\nХераллъун рикӏкӏуна 60-ялдаса тӏаде араб ригьалъул чагӏи. Хӏатта жидерго лъималазе гьел хутӏулел руго хӏаракатаб гӏумруялъул хьолбохъ. Намус тӏагӏарал ва яхӏалде мугъ рехарал цо-цо лъималаз херал ва унтарал умумул щвезарулел руго херазул рокъоре, ресалда ругез – хасал пансионатазде.\nГӏадамазул агьлуялъул рухӏияб даражаялъе къимат кьола херал чагӏаздехун гьезул бугеб бербалагьиялъул хӏисаб гьабун. Гьайгьай, чӏахӏияб гӏел букӏинчӏебани, букӏинароан нилъер бахӏарчияб тарих ва жакъасеб къоялъул рес буголъи.\nУмумузул абиги гьечӏищха, тамахал буртинадул хьиталги ретӏун, лъидаго рагӏулареб хӏалалъ, гьабугьин щивасда тӏаде гӏунтӏулин херлъиян. Тӏаде гӏунтӏана захӏматалъул книжкаялда ахирисеб хъвайхъвагӏай гьабураб къо. Бокьанагӏан хӏухьбахъе, босе гӏумруялдаса кеп. Амма щибаб къойилаб гӏадада чӏеялдаса хӏалтӏун ругьунлъарал пенсионерал хехго свакала, гьел ургъула щиб ишалдедай машгъуллъилаян. Узухъда, ракӏгъеялъе ва заман инабиялъе, пенсионераз гьаризе бегьулел ишал гӏемерал руго. Хӏаракатаб иш-пишаялъ халат гьабула гьезул гӏумру. Пайдаял ишазде машгъуллъарав херасда чӏалгӏунаро гӏумру ва гьев къанагӏат гурони унтуларо. Хӏалтӏулев херас жиндаго хадуб хъулухъги гьабула. Гьесул букӏуна гӏадамазе жиндаса пайда бугин абураб рохалил асар. Гьелъ квербакъула гьесул сахлъи ва рекӏел хӏал лъикӏлъизабиялъе.\n67 сон барав пенсионер Арсланица бицана: «Лъабабилеб сон буго пенсиялде аралдаса. Анищ букӏана пенсиялде ине, къойил хӏалтӏуде гӏедегӏизе кколареб, бокьанагӏан кьижизе ва паркалда нардал хӏазе рес кьолеб заман щвезе. Киданиги кколароан пенсиялъул заман чӏвай дие гӏакъуба-гӏазаблъун лъугьинилан. Цо-цо мехалъ дун хутӏула гьабизе жо лъаларого. Радал вахъуна ва байбихьула иргадулаб, гӏададисеб, чӏобогояб, ай пайда гьечӏеб къо. Рихана телевизор, чӏалгӏана диван. Сахлъи-чӏаголъи жеги лъикӏ бугониги, хӏалтӏудеги восулев гьечӏо. Лъади йикӏуна васасул лъималгун, дидаса абуни, лъиего пайда гьечӏо. Щиб гьабилеб!? Дие хутӏараб жо буго хвалихъ балагьун чӏей», — ян.\nИнгилисазул гӏалимзабазул цӏехрехаз тӏатинабун буго, пенсиялде арал руччабазул гӏумру бихьиназдаса халатаб букӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Рокъой лъади йикӏуна нусго батӏияб ишалде машгъуллъун (квен гьаби, ретӏел чури, рукъ бакӏари, росасда ва лъималазул лъималазда хадуб хъулухъ гьаби…), ай гьелда лъала жий хӏажатай гӏадан йикӏин. Кьурабги кванан, кванарабги беццун, диваналъеги телевизоралъеги командирлъи гьаби гуреб, росас рокъоб щиб гьабилеб?! Щибаб къо гьедин тӏамулев бихьинчиясда бичӏчӏула жиндаса пайда-хайир гьечӏолъи. Гьеб асаралъ жагъаллъизабула бихьинчиясул сахлъи, хасго нерваби, къокъ гьабула гӏумру.\nПенсиялде ин: талихӏ къосин яги…\n«Пенсиялъулаб хӏалуцин» цӏакъго захӏмалъула жигараб творческияб ишалда рукӏарал чагӏазе, гьединго лъималаздаса ва гьезул лъималаздаса рикӏкӏад ругел харабазе. Пенсиялде ин гьезие лъугьуна унго-унгояб талихӏкъосинлъун.\nКинха гьел ругьунлъилел цӏияб социалияб ахӏвал-хӏалалде, гьоркьоса къотӏизе течӏого, кин пенсионерас жиндирго сахлъи щула гьабилеб ва гӏумруялдаса лазат-кеп босилеб? Щивасул букӏуна жинди-жиндир къагӏида. Масала, рагъул гӏахьалчи ва жигарав жамагӏатчи Мухӏамад Батирхановас шагьар бакьулъ гӏемертӏалаяб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда бугеб квартираялда цебе гьабун букӏана цӏакъ лъикӏаб ах ва бахча. Рокъосезе гьес гьукъулаан гьениб кинабгӏаги хӏалтӏи гьабизе, кинабго гьабулаан жинцаго. Кисанго гӏадамал рачӏунаан гьес ах къачӏан бугеб куц бихьизе.\nАхикь бараб хасаб минаялда Батирхановас гӏуцӏун букӏана, жинца нухмалъи гьабулеб букӏараб полкалъул рагъулаб нухлул ва Дагъистаналъул бахӏарзазул бицунеб музей. Экскурсиялъ гьенире рачӏунаан гӏадамал, хасго школлъимал. Республикаялъул нухмалъиялъ Мухӏамадида тӏад къалаан гӏемерал жавабиял жамгӏиял ишал. Гьесул гӏарз букӏунаан киналго ишал тӏуразе жиндие заман гӏолеб гьечӏин. Гьелъги батила, Батирхановас бана 102 сон.\nХерав чиясе аслияб жо ккола рекӏее бокьулеб ишалде машгъуллъи. Шагьаразда ругониги, гӏемерисел пенсионеразул кьалбал руго росабалъ. Гьезие бокьула ракьалда хӏалтӏизе. Гьединлъидал херав чиясе кинабго рахъалъ лъикӏаб къагӏида ккола дачаялда, ахикьбахчаялда хӏалтӏи. Дача гьечӏезе рес буго сверухълъи берцин гьабизе. Масала, гӏемертӏалаяб минаялъул квартираялда гӏумру гьабулей Анисатица жиндирго горда цебе гьабун буго цӏакъ берцинаб бахча. Гьеб берцинлъи бихьизе, гьелда цереги чӏун, суратал рахъизе рачӏуна аскӏор ругел минабаздаса гӏадамал. Гьеб минаялда Анисат лъугьун йиго цӏакъ машгьурай гӏаданлъун. Гьелдаса мисал босун, мадугьалзабазги чӏолел руго тӏугьдул ва хъархъал.\nЦоги мисал, гъоркьиса ихдал Афгъаназул паркалда Хӏажияв абулев чияс, живго лъикӏав лъугьун (жиндирго харжазда, жинцаго бухъунхъван), чӏун букӏана 200 гъветӏ. Гьезул бащдал ракъвана, ва гьезул бакӏалда исанаги гьес чӏана 100 гъветӏ. Гьеб ккола Хӏажияс жиндиего лъолеб памятник ва ракьалда толеб лъалкӏ. Гьединал чагӏаздаса мисал босун, щивав пенсионерасе рес буго жиндирго рукъалда цебе цо-кӏиго гъветӏ яги хъарахъ чӏезе, гьезда хадуб хъулухъ гьабизе, гьел берцинлъулел ва кӏудиял гӏолеб куцалда хадуб халккун, жиндирго рекӏее рахӏат гьабизе.\nЧерх лъадаре\nСонал анагӏан загӏиплъула херал чагӏазул гӏакълу-пикру, гьезул «гьудулзабилъун» лъугьуна палгъай, пикраби риххин, ракӏалда жо чӏунгутӏи… Гьел гӏунгутӏаби тӏатинчӏого рукӏиналъе чара гьечӏого кидаго хӏалтӏизабизе ккола бетӏер. Гьеб мурадалда херав чи куцазе бегьула Къуръан цӏализе, хӏалбихьизе бегьула кучӏдул яги харбал хъвазе, компьютер лъазабизе, суратал рахъизе… Масала, Культураялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалда хӏалтӏулев вукӏана 81 сон бараб тумав Ахӏмад Ибрагьимович. Жиндирго гӏакълу-пикру камилго цӏуниялъул мурадалда Ахӏмадица рекӏехъе лъазарулаан гӏурусазул ва тумазул кучӏдул, абундачал.\nМукъсанаб гурони пенсия щоларел нилъер пенсионеразул рес гьечӏо дунял бихьизе ине. Амма, бетӏерги квералги хӏалтӏизе тӏамуни, гӏемерисезул рес буго, хӏалакъаб бугониги, бизнес гьабизе; гьеб бокьичӏони, гӏадамазе пайдаял ишазде машгъуллъизе. Мисалалъе, щай бегьулареб, жидерго сайтги гӏуцӏун, «гӏолохъанал» пенсионераз рекламаялъул хӏалтӏаби гьаризе. Ракӏгъейги букӏина, гъурщалги щвела.\nМугӏрузул районазул росабазул пенсионеразе рес буго наял хьихьизе. Гьелъие цӏализе кколаро, наязул хӏакъалъулъ киналго балъголъаби руго Интернеталда. Гьединго, цӏакъ хайираб ишлъун рикӏкӏуна гӏанкӏал ва чӏоролаби гӏезари.\nГӏемерисезул букӏуна лъимерлъудасанго бугеб, амма, рес ккечӏолъиялъ, тӏубачӏого хутӏараб анищ (квералъ яги фотоаппараталъ суратал рахъи, кучӏдул хъвай, музыкалиял алатазда бакънал рачине, кечӏ ахӏизе, кьурдизе ругьунлъи…). Бокьанагӏан эркенаб заман бугев пенсионерасе рес буго жиндирго пагьму цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏизе.\nХерал чагӏазул аслияб масъала ккола сахлъи щула гьаби, гьелда хадуб халкквей. Цӏадаса Хӏамзатил «Бегун хвараб къаркъала, къо ккани, хьадарлъула» абураб малъиги гӏадахъ босун, нилъее – херал чагӏазе – лъикӏаб жо ккола, бажарараб куцалда чорхое «гӏакъуба» кьей. Гьайгьай, сахлъиги гӏумруги нилъее кьола Халикъас. Амма Къуръаналда хъван буго, щивав чияс жиндирго сахлъи цӏунизе кколин абун. Аллагьас дие кьун буго лъикӏаб сахлъи, гьайгьай, дицаги хӏаракат бахъула гьеб цӏунизе ва щула гьабизе. Радал мачӏикьаго гьекъола ражидул яги лимоналъул хинаб лъел кӏиго гьитӏинаб кружка. Щибаб къоялъ радал анкьгоялде бащдаб хӏалтӏараб мехалъ щола паркалде, росулъ вугони – накӏкӏил рохьове. Гьенив хьвадун, нахъа тола 3-3,5 км; унаго, гьарула батӏи-батӏиял упражнениял, гьединго беразе гимнастика. Вахуна турникалде, брусьябазде, хӏала торгӏо. Гьениса рокъове щведал кванала кӏиго-лъабго гӏеч. Маркӏачӏудаги добго парк, добго рохь (къойида жаниб 10000-11000 гали, ай 7-8 км). Гьеб киналъго квербакъула чорхол сахлъи щула гьабиялъе, беразул канлъи лъикӏлъизабиялъе ва къватӏул унтабаздаса цӏуниялъе. Амма лъикӏаб хӏасил ккеялъул мурадалда гьеб кинабго гьабизе ккола гӏужда, ай гьоркьоб къо биччачӏого.\nНури НУРИЕВ\nМакъала хъвана тохтур-психолог Исрапилов Гӏарипилгун букӏараб гара-чӏвариялдаса пайдаги босун"}
{"slug": "17725-buznasa-nukhde-khiukumatgi-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17725-buznasa-nukhde-khiukumatgi-shchvana", "title": "Бузнаса нухде хӏукуматги «щвана»", "date": "2022-05-18 21:52:47", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана Бузнасан бахъулеб нухлул суал.\nГьениб хӏукму ккана гендерида аскӏоб, кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда кьо лъезеги, ункъо километралъул манзилалда нух бахъизеги исана проект гӏуцӏизе ва гьелъие гӏарацги республикаялъул хӏукуматалъ биччазе. Хадубккун гьелъго квербакъизе буго хутӏараб 10 километралъул манзилалдаги нух бахъизе.\nГьеб суал дандбалеб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, хӏукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазанов, Бузнаса нух бахъиялъе кьучӏ лъурав Мухӏамадкамил Дибиров, Цӏумада районалъул собраниялъул депутат Мухӏамад Гӏабдулаев ва цогидалги.\n2014 соналдаса нахъе гӏадамаз садакъаде бакӏарун гӏарацгун 30 км манзилалда бахъулеб, 11 район цолъизабулеб нухлул кӏваралъул гӏемер бицана прессаялдасанги батӏибатӏиял тадбираздаги. Бузнаса нух гӏемерго къокъабги буго, гьениса ракь ччукӏун бачӏиналда яги нухда цӏер чӏваялда хӏинкъиги гьечӏо.\nДепутатлъун вищидал, Халкъияб Собраниялда жинца кӏвар кьезесеб аслияб суаллъун Бузнаса нух букӏине бугин бицун букӏана Гӏабдулвахӏид Лабазановасги «Хӏакъикъат» газеталъе.\nГьесго дандбан букӏана гьеб суал ДРялъул хӏукуматалъул председательлъун вукӏарав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасдаги. Битӏун комиссияги гӏуцӏун, гьеб нухлул ишалде кӏвар кьезе байбихьидал, хӏукуматги хисун, чӏезе тана гьеб. Гьанже Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов вачӏиндал, цӏи гьабуна гьелда сверухъ гьабулеб хӏалтӏи.\nГьелда бан гьадин бицана Гӏабдулвахӏид Лабазановас:\n— Хӏукуматалъ къотӏи гьабуна кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда кьоги лъезе, кьурабазул цӏураб, бищун захӏматаб бакӏалдасан ункъо км нухлулги бахъизе. Хадуб хутӏараб 8-10 километр бахъизеги рагӏи кьуна хӏукуматалъул вакилзабаз. Букӏине кколедухъ проектги гьабун гурелъулха халкъалъ гьеб бахъулеб бугеб. Щиб лъалеб, цониги бакӏалдаса гъалатӏ битӏа-бишизабизе яги батӏияб рахъалдасан свера-хъверун хисизабизе ккезеги бегьулелъул. Гьеб батила доб 8-10 километралъул магӏна.\nАмма хӏукуматалъ кумек гьабизехъин букӏунилан Бузнаса нухда сверухъ гьабулеб хӏалтӏи чӏезе толеб гьечӏо нижеца, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз. Гӏарацги бакӏаризе буго, копек хутӏичӏого сунда тӏад гьеб харж гьабурабали халкъалъе хӏисабги кьезе буго. Масала, исана 26 марталда микьго млн гъурщиде экскаватор босана. Гьединго босана кьвагьизе картӏал рахъулеб машина. Нух бахъулаго хун, жагъаллъун, рахъ-рахъалда рехун тараб техникаги нахъе бакӏарулеб буго нижеца. Бажарараб къачӏала, бажаричӏеб, алаталги рахъун, цогидазда тӏад бацӏцӏина.\nГьеб нухлуе кутакалда кумек гьабулел районал ккола Гумбет, Гӏахьвахъ, Цӏумада. Амма жеги гъурущ гьенибе кьечӏел районалги руго. Гьединал бакӏазде нижерго вакилзаби ритӏулел руго халкъалда гьеб ишалъул кӏвар бичӏчӏизабизе. Нух-нухазда чӏун, гьелъие гӏарац бакӏарулел волонтералги руго. Кӏалккул моцӏалъ цо-цо росдаца тӏаде босун, ифтаралги гьаруна Бузна нухда.\nГӏ. Лабазановас бицухъе, кватӏичӏого Москваялдаса Дагъистаналде ячӏине йиго РФялъул транспорталъул министрасул заместитель. Бузнаса нух бахъулел жамагӏатчагӏаз гьесда гьарулеб буго, Бузнаса нухлул проект федералияб программаялда гьоркьобе бачинабиялъе гьелдасанги кумек тӏалаб гьабеян.\nХалкъалъул кумекалдалъун умумузул нух цӏи гьабизе тӏаде босарав чи вуго Болъихъа Мухӏамадкамил Дибиров.\n— Халкъалъе, жамагӏаталъе кӏвар цӏикӏкӏараб нух гьеб букӏин жакъа щивасда бичӏчӏулеб буго. Гьединго дагьаб кватӏун бугониги, республикаялъул хӏукуматалдаги гьеб бичӏчӏун батиялъ рази гьавун ватила гӏемерав чи. Гьаб дунялалда нилъеца балеб заман гӏемераб жо гуро, амма, нилъго индал, нахъе хутӏизе щиб букӏаниги гьабизе ккола. Гьеб пикру загьир гьабизе рес щвана хӏукуматалъул рокъоб букӏараб данделъиялдаги, — ян бицана Мухӏамадкамилица.\nАмма гьесул пикруялда рекъон, хӏукуматалъ бахъизе тӏаде босараб нухлул ункъо километр исана гуреб, тӏадеялъулцин лъугӏуларо бахъун.\n«Гьезда ракӏалда буго, проектги гӏуцӏун, исанаго гьеб рагӏалде бахъинабизе. Тӏадеялъул лъугӏаниги, цӏакъ лъикӏ букӏинаан гьеб. Амма нижецаго ракӏалда букӏараб къагӏидаялъ, жамагӏаталъул гӏарцул кумекалдалъун гьабулеб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабила, Аллагьас хъван батани.\nГендерил тоннелалдасан раккаралго Ахӏулгохӏдехун унеб бакӏалде щвезегӏан бугеб гӏодобераялда машинабазе букӏунеб санагӏалъи гьечӏолъиги, гьенир кколел авариязул къадарги лъалеб буго гӏемерисезда. Лъалеб буго гьеб хӏукуматалъул вакилзабаздаги. Гьединлъидал гьеб суал Сергей Меликовасда цебе лъелин жидецаян рагӏи кьуна гьез», — янги бицана Мухӏамадкамилица.\nДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда хъвалеб буго ракь ччукӏиялда, гьарчал гиризе, ракь багъаризе рес букӏиналда бан кинабгӏаги цӏех-рехги гьабичӏого бахъулеб бугин Бузнаса нухилан.\nАмма Дибировасул рагӏабазда рекъон, Чӏикӏаб ва Рихьуниб ГЭСал ралалде Совет Союзалдасаго лъикӏал махщелчагӏиги рачӏун, 1957 соналъго гьарун рукӏана гьел цӏех-рехал.\n«Гьединго гьел ччукӏелалги хъитӏалги лъугьунареб, цӏадал хӏалакиндал, иххалги рахъунареб бакӏ бихьизабе магӏарухъ. Кирго лъугьине рес буго гьел. Бузнаса нух бахъулеб мехалда нилъер умумузги хӏисабалде росичӏого тун ратиларо гьел рахъал. Гьезго лъун букӏун буго, масала, гьанже хӏукуматалъ кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда лъезехъин бугеб кьоги», — ян баян гьабуна Дибировас.\nРеспубликаялъул хӏакимзабаз церегӏанго соназги кӏвар буссинабун букӏана Бузнаса нухде. Амма бюджеталъе хираго чӏолилан, миллат гьабичӏого тун букӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ 2014 соналда «Гӏагарал мугӏрул» абураб фондалъул нухмалъулев Хӏажимурад Муртазагӏалиевас «Миллат» газеталъе гьадин бицун букӏана:\n— Церегӏан соназда «Новое дело» газеталда бахъун букӏана «Зачем нам гимринский тоннель?» абураб макъала. Бузнаса нухги букӏаго, нилъее тоннель щайин хъвалеб букӏана гьениб. Гьелдаса хадуб хӏукуматалъул комиссия ана Бузнаса нухлухъ балагьизе Чӏикӏаб хӏоринисан, расаялдаги рекӏун. Гьедин индал, гъора рихьула мугӏрул, кьураби. Амма гьенисан нух бахъизе хираго чӏолинги абун, комиссия нахъ буссун буго. Кьурабаздаги мугӏруздаги хъвазе кколаро. Нух бихьизе гьел хӏакимзаби лъеда тӏасан инчӏого, УАЗалда яги вертолеталда рекӏун ине кколаан. Гьеб мехалда бихьулаан гьезда гьеб нухлул кигӏанасеб санагӏалъи бугебали.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "17866-premergi-tsiumadiselgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17866-premergi-tsiumadiselgi", "title": "Премьерги цӏумадиселги", "date": "2022-05-26 07:13:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул вакилзабигун цадахъ премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана Цӏумада районалде.\n19 маялда гьез магӏарухъе сапар бухьун букӏин бичӏчӏана параялда жаниб соцсетаздасан тӏибитӏизабураб видеороликалдасан. Магӏарде гочунеб гӏиги цебе къотӏун унев вехьасулгун накъиталда вугоан гьенив Гӏабдулмуслим. Цинги цо заманалда риидалил мугӏрузде гочун унеб гӏиял рехъалъа хапун ккуна гьес кьегӏер. Гьелдаса хадуб цо-цо журналистазги тӏиритӏизаруна премьер-министрасго гӏадин жидецаги рехъалъа хапун кколел гӏиялъажалазул видеоял.\nГӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги хӏукуматалъул вакилзабиги щвана Гьигьалъ-Гӏурухъе, Тӏиндире, Метраде, Тӏасияб ва Гъоркьияб Хъварщинире, Цӏихалахъе, Хушеталда аскӏоре, Эчеде, Силдире, Агъвалире. Гьигьалъ-Гӏурухъ Гӏабдулмуслимовас транспорталъул министрасда тӏадкъана 2020 соналда ччукӏун ракьгун хвезабураб машинадул нух исана августалда къачӏазе байбихьеян.\nТӏинди росулъ гьел щвана участкаялъул больницаялде, кӏалъана «Земский доктор» абураб программаялда рекъон гьенире хӏалтӏизе рачӏарал гӏолохъанал тохтурзабигунги. Кватӏичӏого больницаялъе кьезе буго УЗИ-аппаратги.\nХадуб гьез хал гьабуна 2020 соналда базе лъугьараб ясли-ахалъулги. Гьеб бан бахъуна исана.\nЦинги гьалбал ана Эчеде футбол хӏалеб майдан рагьизе. 10,7 млн гъурущги харж гьабун, гьеб бан буго «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялда рекъон.\nНухалги мехалги\n«ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъ балагьун чӏун рукӏана ниж. Амма нахърахъичӏого тӏуразе кколел цогидал ишалги раккун, гьесул тӏадкъаялда рекъон, Цӏумаде вачӏана хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов. Районалъул гӏадамал цӏакъ разиго хутӏана гьесдаса. Гӏадатиял гӏадамазул гӏумруги бичӏчӏулев, жинда бокьараб хабарги бицине бегьулев, кутакалда ракӏ тӏаде цӏалев чи вугоан гьев», — ан бицана «Хӏакъикъаталъе» Цӏумада районалъул нухмалъулев Шамил Гӏумаровас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, чанго батӏияб росулъе щун хадуб гьез данд ран руго токалъулги, Кӏванадагун Гьигьалъ ралел школазул, нухазул ва цогидалги суалал.\n«Бищунго кӏвар буго нижее нухазул. Зама-заманалдасан ралел чвахунцӏадаз гьел жагъал гьарула яги тӏубанго машина хьвадизе бажару- лареб хӏал лъугьинабула. Гъоркьиса сентябралда рарал цӏадаздаса хадуб жагъаллъараб Агъвалиса Кидеробе унеб машинадул нух къачӏазе рагӏи кьуна хӏукуматалъул нухмалъулес.\nГьеб мехалда гӏоралъ босун ун букӏана Агъвали спорткомплексалда цебе лъураб сангар. Гӏ. Гӏабдулмуслимовас нухазул магӏишаталъул идараялъул нухмалъиялъе тӏадкъай кьуна цӏидасан гьениб гьеб базе», — ян баян гьабуна Шамил Гӏумаровас.\nГьес рехсараб Агъвали-Шаури нухалда тӏад 80 млн гъурущ харж гьабизе букӏин хъван буго ДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда («Развитие территориальных автомобильных дорог республиканского, межмуниципального и местного значения» абураб пачалихъияб программаялда рекъон).\nМетрадаса жамагӏатчи\nЦӏумада районалъул щуго росдал вакил хӏисабалда гьенив премьерминистр Гӏ. Гӏабдулмуслимовгун дандчӏвана «Хӏакъикъат» газеталъул штаталда гьечӏев мухбир – Метрадаса Хӏабиб Давудов.\nГьадин бицана гьес Гӏабдулмус лимовасулгун жиндир ккараб гара-чӏвариялъул хӏакъалъулъ:\n«Чара гьечӏого тӏуразе хӏажатал суалазул бицун, ургъел бикьана дица хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасде. Масала, нижер щуго росулъе (Метраде, Цӏихалалъе, Гъоркь ва Тӏад Хъваршинире, Хушеталде) рахунеб бакӏалда батула къогоялдасаги цӏикӏкӏараб свери. Чвахунцӏад бани, гьенисан нухал хола, цо-цо мехалда машина бахинчӏогоцин хутӏула. Нижер Метрада росулъе нух къачӏачӏони, дол хутӏарал росабалъеги унаро транспорт. Гьединабго гӏунгутӏи токалъулги ккола, гӏазуцӏад байдал. Кӏикъогогӏан соналъ цебе рохьосан бачараб линия буго токалъул. Гьанже гьеб ток машинадул нухккун бачине санагӏалъи гьабеян гьарана дица премьерасда.\nГьединго магӏарухъ росаби чӏун тичӏого рукӏиналъе санагӏалъаби гьаризе ккеялъулги бицана. Шартӏал гьечӏолъиялда бан, гӏолохъаби шагьаразде, гӏатӏиракьазде гочунел ругелъулха. Нижер росулъ хутӏун буго 60 цӏараки. Гьелниги цӏунун хутӏу лелани гьенир. Амма гьениб гьечӏо спортзал, ФАП. Гьел суалал тӏуразе рагӏи кьуна Гӏабдулмуслимовас.\nАхир-къадги бихьила…\nДРялъул хӏукуматалъул вакиллъиялъ Цӏумада районалде гьабураб сапаралъул кӏудияб хӏасиллъун ккезе бегьулаан цохӏо масъала тӏубазе кӏванигицин — Гуржиялъулгун гӏор хъода бугеб Хушет росулъе нух бахъизе бажарани. Гьабсагӏаталда жиндирго гӏарцухъ гьеб хӏалтӏи байбихьун буго Халкъияб Собраниялъул депутат, Цӏумада районалдаса Гӏабдурахӏман Камиловас.\nЦӏумада районалъул нухмалъулев Шамил Гӏумаровас «Хӏакъикъаталъе» бицана премьер-министрас транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министрасда тӏадкъанин гьанжеялдаса хадуб Хушеталде нух хасаб программаялда гъорлъе бачеян.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовасде мугъчӏвайги гьабун, ДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда хъван буго Хушеталде нух гьаб лъагӏелгун бащдаб заманалда жаниб бахъун лъугӏизе кколилан.\n«Метрадаса байбихьун, Хушеталде щвезегӏан нух бахъизе депутат Гӏабдурахӏманица байбихьаралдаса ункъо-щугониги сон буго. Гьанже нижехъе гьеб щвезе щугогӏанасеб километр хутӏун буго. Гьебгиха — кьурабиги ругеб, бищунго захӏматаб бакӏ. Гьединлъидал, гьабщинаб заманалда къварилъиялда рукӏарал ниж кутакалда рохун руго Гӏабдурахӏманидаса, гьес гьеб тӏаде босунилан. Носилкабазда лъун гурони, унтарав яги хварав чи росулъа къватӏивеги жанивеги восизе рес гьечӏого, малъ къосун ругелъул ниж. Азарабго баркала Гӏабдулмуслимиеги, гьеб нух гьанжеялдаса хадуб республикаялъ- ул хӏукуматалъул программаялда гъорлъе босизе тӏалаб гьабуралъухъ», — илан бицана Хушет росдал бегавул Мурад Окиевас.\n2021 соналъул февралалда «Хӏакъикъаталъул» редакциялде вачӏарав Хушеталдаса Хӏапиз Абулмуслимовасги гьадин бицун букӏана жидедаго дандчӏвалел масъалабазул хӏакъалъулъ:\n«Райцентралдаса 99 километралъ рикӏкӏада, 2055 метралъул борхалъиялда буго Хушет. Гӏага- шагарго 250 цӏаракиги буго гьениб. Кӏодолъиялъул рахъалъ районалда щуабилеб бакӏалда буго гьеб.\nРосдае хӏажатал масъалабазул цояб ккола нилъер операторазул (телефоналъул) бухьен гьечӏолъи. Гьединлъидал нижеца пайда босула гуржиязул бухьеналдаса. Грузиялдаса сигнал лъикӏ ккола Хушеталда, нилъ- ер операторазулалдасаги.\nРосулъ гьанжегӏагар бана цӏияб школаги. 70 лъимералъе бакӏ буго гьениб. Гьанжелъагӏан лъимал хӏебтӏун рукӏана биххун тӏатӏала кколеб гӏадаб, басрияб школалда жанир. Гьенибе къайи-цӏа вертолёталда баччизе квербакъи гьабуна Хунзахъ чӏараб гӏорхъаби цӏунулез. Дагьабниги тӏадагьаб къайи хӏамуздаги лъун баччула росулъе. Гурони, машинадул нух гьечӏелъул жеги гьенибе. Анцӏго километралъ лъелго рахине ккола росулъе.\nНижеде щвелалде ругел районалъул нухал гӏатӏид гьарун, къачӏалел руго. Гьебги лъикӏ буго. Амма гьелда цадахъго дагьа-дагьаб букӏаниги нижехъеги бахъулебаниха нух.\nНижеда сверухъ буго жеги чанго кули. Гьениса лъималги хьвадула Хушеталде мугъзада раччун тӏахьалгун. Гьеб цӏакъ санагӏалъи бахъ- араб суал буго гьезие: цин 5-6 километралъ эхеде ххаризе, тӏадруссунеб мехалда эхеререгӏелалъ ине».\nХӏабибил росулъеги щвана\nГуржиялъулгун гӏорхъода бугеб Хушет росулъе унеб нухдеги щун, хӏукуматалъул вакилзаби Силдиреги рачӏана Гӏабдулманап ва Хӏабиб Нурмухӏамадоваз жидерго гӏарцухъ гьениб бараб спортивияб базаялъухъ балагьизе. Гьабсагӏаталда гьенир руго гьалбадерие рега-рахъине бакӏалги, столоваяги, спортзалги, кватӏичӏого тӏаде разе руго воркаутплощадкаги, баскетболгун футбол хӏалел бакӏалги.\nГӏабдулманапидагун Хӏабибида ракӏалда букӏун буго гьениб гьанже заманаялъул тӏалабазда дан- де кколеб, кӏудияб спорткомплекс базе (Центр спортивной подготовки по единоборствам). Амма законалда рекъон, гьеб ракь данде кколеб батичӏо гьединал объектал разе. Гьединлъидалин бицана спорталъул министр Сажид Сажидовас, Нурмухӏамадоваз гьеб комплекс бай Дубкиялде бахъанила.\nБукӏаниги, улкаялъул президент Владимир Путинил тӏадкъаялда рекъон, кватӏичӏого гьениб дандбитӏун пачалихъалъги базе буго гьединабго комплекс.\nИсана сентябралде щвелалде гьелда хурхун проекталъулгун сметаялъул документация хӏадур гьабеян тӏадкъайги кьуна цадахъ ру кӏарал хӏукуматалъул вакилзабазе премьерас.\nХадуб хӏукуматалъул вакилзаба зулгун Силди росдал бегавул Мухӏа мад Нурмухӏамадовасул гара-чӏвари ккун буго силдадериеги Цӏумада районалъул тӏасияб участокалъул росабазеги чара гьечӏого хӏажатал суалазда тӏасан.\n«Дир хӏисабалда, магӏарухъ ругел гӏадамазе бищунго къваригӏуна нухалги токги. Масала, гьанже къачӏазехъин бугеб Агъвали-Кидеро шагьранухалъ бигьалъизабизе буго цӏумадисезулги цӏунтӏадерилги гӏумру. Гьединго хӏукуматалъул вакилзабазулгун букӏараб дандчӏваялда нижеца ракӏалдещвезабуна 1976 соналда гӏадамаз жидецаго Эчедаса Силдибе токалъул кварал цӏараб куц, хадуб гьенисан гьел цӏана Метрадеги, Хъваршиниреги, Гьакъореги, Хушеталдеги, Хъвайниреги, Цӏунтӏа районалъул Сагьада ва Мекали росабалъе. Гьанже гьел бакӏ-бакӏалъа тӏу-тӏун рачӏун, лъицаниги кӏварги гьабичӏого рехун тун руго. Гьединлъидал нижеца республикаялъул хӏукуматалъул бетерасда гьарана гьел токалъул кварал Агъвали-Кидеро шагьранухккун цӏайилан», — абун бицана Мухӏамад Нурмухӏамадовас.\nГьеб дандчӏваялда гьединго хабар ккун буго Агъвали балаго чӏун хутӏараб административияб минаялда ва Гьигьалъ балеб школалда. Масала, рагъулабгун бакӏал раялъ- ул Управлениялъ рагӏи кьун букӏун буго араб соналъул сентябралде гьеб бан бахъинабизе.\nДандчӏваялда гьединго бицана «Комплексное развитие сельских тер- риторий» абураб программаялъулъгун «Местные инициативы» абураб проекталъулъ районалъул росаби гӏахьаллъизе лъикӏаб букӏиналъулги.\n«Нижер районалъул лъабго росу – Силди, Тӏинди ва Лъондода – гӏахьаллъулеб буго «Местные инициативы» абураб проекталъулъ. Гьелда рекъон, Силди щула гьаризе руго росдал къватӏал (ракь ччукӏун бачӏине рес бугелъур къадалги ран), Тӏинди гьабила парк, Лъондоде бачина лъим», — ин бицана бегавулас.\nАбухъего, Мухӏамад Нурмухӏамадовас Силди росдал администрациялъе нухмалъи гьабизе лъугьаралдаса росулъ гӏезегӏан хӏалтӏабиги гьарун руго: километралъул манзилалда бачун буго канализация, гамачӏги ккун, къачӏан руго гӏадамал рилълъунел нухал, росдал къадал ва цогидаб.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "17869-shchibize-rakharal-borkhatab-g-unir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17869-shchibize-rakharal-borkhatab-g-unir", "title": "«Щибизе рахарал борхатаб Гъунир?»", "date": "2022-05-26 07:37:00", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Къойидаса къойиде нилъер республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гьезда гьоркьор гӏезегӏан руго улкаялдаго машгьурал гӏадамалги.\nМасала, гьал къоязда республикаялде рачӏун рукӏана РФялъул халкъияв артист Олег Газмановги гьесул лъадиги, Ростуризмалъул нухмалъулей Зарина Догузоваги, блогер, стилист Мария Бежкоги, «Кухня» сериалалда роль хӏарай Мария Кузьминаги.\nОлег Газманов\nОлег Газмановги лъадиги щвана Каспий ралъдахъеги, Салтӏа бугеб чваххукьеги, Чӏохъегун Гъуниреги.\nГъуниб, гьесда цадахъ школлъималаз ахӏана Россиялде гьабураб кечӏ, цинги артистас гьезие кьуна балугълъиялде рахиндал кьолел РФялъул паспортал. Росдал культураялъул централъул нухмалъулей Патӏимат Абакаровагун цадахъ гьес лезгинка кьурдул свериги бахъана, Кӏуядаса кочӏохъан Къурахӏма Садикъовасда цадахъ пандурги хъван кечӏги ахӏана.\nГазмановасул гьабулеб хӏурмат бихьун, гьев гурони вачӏинчӏеб бакӏищ гьабилан, нилъер цо-цоязул разилъи гьечӏолъиги букӏана. Амма щивав чияс бицунеб жоялда хадурги лъугьун, гьезие жаваб кьолел рукӏине бажаруларин рикӏкӏунеб буго Гъуниб КДЦялъул директор П. Абакаровалъ. Газмановасул гьабулеб хӏурмат бихьун, гьев гурони вачӏинчӏеб бакӏищ гьабилан, нилъер цо-цоязул разилъи гьечӏолъиги букӏана. Амма щивав чияс бицунеб жоялда хадурги лъугьун, гьезие жаваб кьолел рукӏине бажаруларин рикӏкӏунеб буго Гъуниб КДЦялъул директор П. Абакаровалъ.\n«Газманов ватана нилъерго гьанив гӏурав гӏадав, гӏадамазда гъорлъ восарав, рази-ракияв чи. Дагъистаналъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунебги рагӏун, хас гьабун республикаялде хӏухьбахъизе вачӏун вукӏана гьев. Нижеца гьесда дандчӏвайги гьабуна умумузул ретӏа-къаялдалъун, квен-тӏехалдалъун.\nГьединго МВДялъул миграциялъул управлениялъ гьеб лъугьа-бахъиналдаса пайдаги босун, Газмановасда гьарана гӏолилазе паспортал рикьулеб тадбиралда гӏахьаллъиларищилан. Гьев разилъана. «Хъахӏал къункърабазе» бараб памятникалда цере тӏугьдулги лъуна, гьитӏинабго митингги гьабуна, паспорталги кьуна. Бегьулареб жо щиб гьениб бугеб? Гьенир рукӏана музыкаялъул профессор Тӏагьир Къурачевги Каспийскиялъул вукӏарав мэр Жамалудин Гӏумаровги.\nГьелдаса хадуб дица гьел ахӏана нижерго централде – гьениб нилъерго культураги бихьизабуна. Газмановасе цӏакъ интерес букӏана умумузул ратӏлил, гьез хӏалтӏизарулел рукӏарал алатазул. Чай гьекъезе гӏодор чӏедал, Олегие бокьана гьенир пандрида бакънал рачунел рукӏарал нижер хӏалтӏухъабазухъ балагьизе ва жинцагоги пандрил хӏалбихьизе. Гьединлъидал нижеца гьесие сайгъатги гьабуна пандур», — ян бицана Абакаровалъ.\nМария Бежко\nСтилист ва блогер Мария Бежкоца соцсетазда лъолел Макьас дагун Сулахъалъул къварилъиял да рахъарал суратазухъ балагьун, гьейги хӏайранлъун йигоан нилъер тӏабигӏаталда. Амма цо-цо бадир чӏваялги гьарулел руго гьелъ нилъее. Масала, гьелъ хъвалеб буго:\n— Рищни-къул бацӏцӏад гьабулеб цониги завод гьечӏониги, гӏезегӏан бацӏцӏадго буго Дагъистаналда.\n— Дагьал церегӏанго лъурал ругониги, токалъул хӏубал (цӏулал) басралъун руго.\n— Бакӏалъул гӏадамазда хӏухьбахъизе лъалеб гьечӏо, гӏицӏго гьанжего-гьанже бичӏчӏулеб буго гьезда гьелъул магӏна, гьединлъидал хъизамалгун цадахъ рахъине байбихьун буго къватӏире.\n— Дагъистаналда дресс-код чӏезабун буго – ясаз, гьединго туристазгицин ретӏине ккола накаби рахчарал юбкаби.\n— Вегетарианазул квен кваналел чагӏазе данде кколеб меню батизе захӏмат буго. Гьанир салатал квана- ларо. Аслияб квен ккола гьанги чедги.\n— Кутакалда гьалбал хириял, гьалбадерил къимат гьабулел чагӏи руго.\nБатӏи-батӏияб тӏабигӏат буго, релълъарал бакӏал къанагӏатги ратуларо\n— Нижгун кӏалъанщинал бакӏалъулал гӏадамаз абулеб буго жал ралъдахъ чвердоларилан.\nМария Кузьмина\nДагъистаналъул хӏакъалъулъ «По секрету всему свету» передачаялдасан бицунеб буго «Кухня» сериалалда роль хӏарай Мария Кузьминалъги. Мария Кузьмина Дагъистаналъул хӏакъалъулъ «По секрету всему свету» передачаялдасан бицунеб буго «Кухня» сериалалда роль хӏарай Мария Кузьминалъги.\nЗарина Догузова\nРоссиялъул туризмалъул министр Зарина Догузоваги йиго гьал къоязда нилъехъ гьоболлъухъ.\nМоскваялде «Аманат» фильмалъул презентациялде ун, жеги Сергей Меликов дандчӏвачӏо гьейгун.\nГьев тӏаде щвезегӏан Догузова ана Сулахъ къварилъухъеги, Чӏикӏаб ГЭСалдеги, «Янтарное» ва «Главрыба» абурал экотуркомплексазухъ балагьизеги. Гьев тӏаде щвезегӏан Догузова ана Сулахъ къварилъухъеги, Чӏикӏаб ГЭСалдеги, «Янтарное» ва «Главрыба» абурал экотуркомплексазухъ балагьизеги.\nЖиндирго Телеграм-каналалда гьелъ хъвалеб буго миллияб архитектураги, культураги, квен-тӏехги хӏисабалде босун, гьеб кӏиябго экотуркомплексалъ туристал тӏаде цӏалеб куцалда кутакалда ракӏ рекъанила жиндир. Гьединго «Янтарноялъе» гӏарацги Хӏабиб Нурмухӏамадовас биччалеб бугила.\nГьей щвараб Чӏикӏаб ГЭСалде гьанже туристалги риччазе байбихьун буго.\nСеверияб Кавказалда бищун кӏудияб ГЭСлъун рикӏкӏуна гьеб. Улкаялдаго босани, Саяно-Шушенская ГЭСалдаса хадуб кӏиабилеб бакӏалдаги буго. Гӏажаиблъизарулел жал гӏемер ругониги, гьенибги Сулахъ къварилъи бихьулеб бакӏалдаги жеги цо-цо хӏалтӏаби гьаризе кколин жакъасев туристасул тӏалабал тӏуразе бажарулеб куцалдаян хъвалеб буго Зарина Догузовалъ. З. Хӏажиева Северияб Кавказалда бищун кӏудияб ГЭСлъун рикӏкӏуна гьеб. Улкаялдаго босани, Саяно-Шушенская ГЭСалдаса хадуб кӏиабилеб бакӏалдаги буго. Гӏажаиблъизарулел жал гӏемер ругониги, гьенибги Сулахъ къварилъи бихьулеб бакӏалдаги жеги цо-цо хӏалтӏаби гьаризе кколин жакъасев туристасул тӏалабал тӏуразе бажарулеб куцалдаян хъвалеб буго Зарина Догузовалъ.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "17871-amanat-kinazego-rekiee-giuna-tarikhchagiaze-khutiizegian", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17871-amanat-kinazego-rekiee-giuna-tarikhchagiaze-khutiizegian", "title": "«Аманат» киназего рекӏее гӏуна… Тарихчагӏазе хутӏизегӏан", "date": "2022-05-26 08:07:15", "categories": ["rel"], "text": "24 маялда Москваялда бихьизабуна «Аманат» абураб фильмалъул премьера. 26 маялдаса байбихьун улкаялъул киналго кинотеатразда бихьизабизе буго гьеб.\nИмам Шамилил кӏудияв вас, Ахӏулгохӏда рагъ унеб заманалъ инсуца гӏурусазухъе аманаталъе кьун вукӏарав Жамалудинил хадусеб къисматалъул бицунеб гьеб киноялъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъван букӏана газеталъул цересел номеразда. 7 маялда Махӏачхъалаялъул «Синема Холл» кинотеатралда букӏана гьелъул цебелъейги (презентация). Имам Шамилил кӏудияв вас, Ахӏулгохӏда рагъ унеб заманалъ инсуца гӏурусазухъе аманаталъе кьун вукӏарав Жамалудинил хадусеб къисматалъул бицунеб гьеб киноялъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъван букӏана газеталъул цересел номеразда. 7 маялда Махӏачхъалаялъул «Синема Холл» кинотеатралда букӏана гьелъул цебелъейги (презентация).\nГьаб нухалъги ниж гьеб темаялде тӏад руссиналъе гӏиллалъун кканин абизе бегьила, 24 маялда, Москваялда букӏараб премьераялде гӏемерал хӏакимзабиги, гьединго Россиялъул киноялъул актералги, машгьурал артисталги гьенире рачӏун рукӏин.\nРеспубликаялъул бетӏер Сергей Меликовги, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги ва цогидалги рукӏана гьенир. Гьединго премьераялъухъ балагьизе вачӏун вукӏана РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамадсалам Мухӏамадовги. Гьез фильмги беццана.\n«Аманат» фильмалда аслиял ролал хӏарал, гӏурусазул хӏалбихьи бугел актераздаса байбихьун гӏолохъанал артистазде гӏунтӏун гӏемерав чи вачӏун вукӏана гьениве. Фильмалъул афишаялъул сурат тӏад бахъараб кӏудияб баннералда цебе жидерго суратал рахъулел, журналистазе комментариял кьолел рукӏана гьел.\nМисалалъе, «Аманаталда» гӏурусазул пача Николай Тӏоцевесесул роль хӏарав машгьурав актер Андрей Соколовас гьадин бицана жиндирго героясул ва Дагъистаналъул хӏакъалъулъ:\n— Цӏакъ рекӏее гӏуна дие Дагъистанги гьелъул гӏадамалги. Гьеб киноялдаги бихьизабулеб буго магӏарулазул гӏамал-хасияталъул хаслъиги, гьезул къвакӏунчӏейги, эбелалаб ракьалъе рухӏ кьезе барахщуларел гӏадамал гьел рукӏинги. Амма, кин букӏаниги, дие киноялъул бицен ккезабун гуреб, абизе бокьун буго хӏакъикъаталдаги хӏикматаб ракь бугин гьебилан. Тӏабигӏатги гӏораллъаралги, тӏоцеве гьениве щварав чи асир гьавулеб берцинлъиялъул ракь буго. Гӏайиб гурищ, дие цо-кӏиго къо гурони базе щвечӏо гьениб. Цоги нухалъ вачӏинчӏого рес гьечӏо.\nФильмалда Николай Тӏоцевесесул даражаги, пача хӏисабалда гьесул машгьурлъиги, къадру-къиматги бихьизабун бугониги, дица абила, кӏиабилеб планалъул роль букӏанин гьебилан. Аслияб бакӏ киноялда ккола Шамилил вас Жамалудиницаги гьесул гӏадатияб гуреб къисматалъги, — ян бицана А. Соколовас. Фильмалда Николай Тӏоцевесесул даражаги, пача хӏисабалда гьесул машгьурлъиги, къадру-къиматги бихьизабун бугониги, дица абила, кӏиабилеб планалъул роль букӏанин гьебилан. Аслияб бакӏ киноялда ккола Шамилил вас Жамалудиницаги гьесул гӏадатияб гуреб къисматалъги, — ян бицана А. Соколовас.\nЖамалудинил рокьи ккун букӏарай Лиза Оленинал эбел — Мариял роль хӏалеб буго Екатерина Гусевалъ. Гӏемерисезда лъалей актриса ккола гьейги. Мисалалъе, 2000-абилел соназда машгьурлъараб «Бригада» телесериалалда аслиял ролазул цояб хӏалеб букӏана Екатеринаца. «Аманаталда» гьелъул героиня — Мариял вас чӏвала Кавказалъул рагъда. Гьелъул ясалъул абуни рокьи ккола, тушманлъун гурони гьелъ къабул гьавуларев чиясухъ, ай имам Шамилил васасухъ. Жамалудинил рокьи ккун букӏарай Лиза Оленинал эбел — Мариял роль хӏалеб буго Екатерина Гусевалъ. Гӏемерисезда лъалей актриса ккола гьейги. Мисалалъе, 2000-абилел соназда машгьурлъараб «Бригада» телесериалалда аслиял ролазул цояб хӏалеб букӏана Екатеринаца. «Аманаталда» гьелъул героиня — Мариял вас чӏвала Кавказалъул рагъда. Гьелъул ясалъул абуни рокьи ккола, тушманлъун гурони гьелъ къабул гьавуларев чиясухъ, ай имам Шамилил васасухъ.\nГьелъиеги цӏакъ рекӏее гӏун буго Дагъистан.\nАмма гӏажаиблъи, гьанжелъизегӏан «Аманат» фильмалда хурхун жидерго пикру загьир гьабичӏо цониги нилъер тарихчияс. Имам Шамилил заманги, гьесда хурханщинаб тарихги тӏокӏкӏун лъалев Хӏажимурад Доногъоги вуцӏцӏун чӏана. Юцӏцӏун чӏана наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ саламатаб тӏехь хъварай тарихчӏужу Патӏимат Тӏахӏнаеваги. Нижехъе щварал баяназда рекъон, фильм гьелъие рекӏее гӏун рагӏуларо. Уяб бугищ-гьечӏищали гьелъухъе жиндихъего ахӏизе нижер рес ккечӏо. Тимур Айтберовги, ахираб заманалда тӏагӏун чӏун вуго. Амма гӏажаиблъи, гьанжелъизегӏан «Аманат» фильмалда хурхун жидерго пикру загьир гьабичӏо цониги нилъер тарихчияс. Имам Шамилил заманги, гьесда хурханщинаб тарихги тӏокӏкӏун лъалев Хӏажимурад Доногъоги вуцӏцӏун чӏана. Юцӏцӏун чӏана наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ саламатаб тӏехь хъварай тарихчӏужу Патӏимат Тӏахӏнаеваги. Нижехъе щварал баяназда рекъон, фильм гьелъие рекӏее гӏун рагӏуларо. Уяб бугищ-гьечӏищали гьелъухъе жиндихъего ахӏизе нижер рес ккечӏо. Тимур Айтберовги, ахираб заманалда тӏагӏун чӏун вуго.\nХӏасил-калам «Шамилил заманалъул хӏакъалъулъ бахъараб цӏияб фильмалъул хӏакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна тарихчи Зураб Хӏажиевас:\n— Тӏубанго гьеб кино дида бихьичӏо, премьераялдеги ккечӏо. Амма, тарихчи хӏисабалда, дие гьеб бахъараб куц рекӏее гӏечӏолъи загьир гьабизе, гьеб фильмалъул проморолик бихьиги гӏуна. Тӏоцебесеб рахъ босани, кино букӏана какиеги чурун, бисмиллагьги бахъун ракӏалъ ниятги гьабун бахъизе кколеб. Амма дида лъала гьединаб ниятгун гьез гьеб бахъичӏолъи.\nКӏиабизе, дие рекӏее гӏечӏо гӏолохъанав Жамалудинил роль хӏарав актер. Я гьурмал гъалипалдалъун, я сипаталдалъун нилъеда тарихалъул тӏахьазда вихьарав Жамалудинида гьесул щибниги релълъен-хъвайцин гьечӏо. Гьеб жо ккола, мисалалъе, цо кида бугониги Рамазан Гӏабдулатӏиповасул хӏакъалъулъ кино бахъизе ракӏалде ккани, гьесул роль Сайгидпаша Гӏумахановас хӏараб гӏадаб жо.\nХадуб, фильмалда жаниб гьез бищун цебе босун буго гӏолохъанчи Жамалудинилги гиназасул яс Лиза Олениналги рокьул тема. Амма гьеб рокьул хабар буго цониги тарихияб документалдаги батичӏеб, гьадингояб хабар, рагӏарасул рагӏаралдаги божун нилъехъе щвараб баян. Мисалалъе, школалда ва университеталда букӏунаан Патялги Магалги рокьи-мокьи рагӏулин, гьез цоцахъе кагътал хъвалел ругин абун, шуршудилаго бицунеб гӏахьучӏ. Гьединал гӏахьучӏазда божун бахъулеб жойищ букӏунеб тарихияб кино.\n— Дуе абизе бокьун буго гьеб фильмалда Жамалудин вихьизавизе кколаанин кӏудияв имамасул вас талихӏкъосун, гьитӏинаб лъимер букӏаго гӏурусазухъеги ккун, гьесул къисмат хисараб куц ва инсухъе гьев нахъ вуссиналъул хӏакъалъулъ, гурищ?\n— Гьениб батӏаго гӏочӏода чӏвазе кколаро имам Шамилил букӏараб кӏодолъиги гьесул бажариги. Гьеб гьадингоги, лъазе бокьарал чагӏазда, лъала тарихиял тӏахьаздасан. Дие абизе бокьун буго, мисалалъе, дида бичӏчӏичӏин фильмалъул авторазе щиб гьениб бихьизабизе бокьун букӏарабали. Жамалудин, магӏарухъ гьавурав чи, гӏурус ракьалде ккун хадув, гьезул гӏадатазда гъоркьги куцан, гӏолохъанчи гӏедал, инсуца хӏарам гьабунщинаб жоялъул хӏалбихьулев вукӏаниланищ? Гьебищ аслияб жо? Ялъуни, живго пачалъун вугебгӏан заманалда Кавказалда рагъги къотӏизе течӏев, хъачӏав, гурхӏел гьечӏев пача хӏисабалда тарихалда хутӏарав пача Николай Тӏоцевесев, хӏеренав, хӏалимав, Жамалудинил ботӏрода кверал рахъулев, адаб бугев чи вукӏанилан халкъалъе загьир гьавизейищ гьезул мурад букӏарабали? Амма киназдаго лъала гьев (пача Николай I) гьединав вукӏинчӏолъи. Кавказияздехун гуревги, жиндирго халкъалдехун, ай гӏурсаздехунцин вукӏана гьев хъачӏавлъун. Гьев хун хадув тӏалъуде вачӏарав гьесул вас Александр Кӏиабилес байбихьана реформаби гьаризе. Гьев пачалъун вачӏун лъабго соналдасан лъугӏана Кавказалда рагъги.\nКъокъаб хӏасил, цоги нухалъ абуниги, тӏубанго кино дида бихьичӏо. Рагӏа-ракьанде щун гьелъул анализ гьабизе дир изнуги гьечӏо, лъугӏизегӏан гьелъухъ валагьун гьечӏелъул. Къокъаб хӏасил, цоги нухалъ абуниги, тӏубанго кино дида бихьичӏо. Рагӏа-ракьанде щун гьелъул анализ гьабизе дир изнуги гьечӏо, лъугӏизегӏан гьелъухъ валагьун гьечӏелъул.\nАмма, кин бугониги, дирго разигьечӏолъи дица загьир гьабуна. Дида кинго бичӏчӏичӏо щай гьез кино бахъулелъул цониги тарихчи гӏакълучилъун ахӏичӏевали. Я Тӏахӏнаева, я Хӏажимурад Доногъо, я дун гьез ахӏичӏо. Гьез бахъана жидедаго берцин бихьараб хӏалалда фильм ва гьеб бихьизабулеб буго гьанже халкъалдаги. Гьабейин абе, дир дагӏба гьечӏо. Амма гьелъул гӏолелги гӏоларелги рахъал рукӏин хӏакъаб буго, гьеб дица гьаниб бицана. Дихъа бицинчӏого хутӏаралъе фильмалъухъ балагьун халкъалъги кьела къимат, — ин абуна З. Хӏажиевас.\nГьединаб пикру буго цӏияб киноялда хурхун тарихчиясул. Амма Москваялда букӏараб премьераялде рачӏун рукӏанщиназ «Аманат» зодобе бахинабун беццана. Шамилил заманалъул хӏакъалъулъ, РФялъул Культураялъул министерствоги гӏахьаллъун, бахъараб тӏоцебесеб кино ккола гьеб. Ахираб заманалда нилъер республикаялдехун бербалагьи къо бахъанагӏан лъикӏлъулеб букӏин бихьулеб буго. Гьаб нухалъ гьелъие сабабалъе ратанин абизе бегьила Жамалудинги гьесул «Аманатги». Гьеб гурищха нилъееги къваригӏун букӏараб?\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "17875-minayal-ul-khial-fondal-ul-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17875-minayal-ul-khial-fondal-ul-khialtii", "title": "Минаялъул хӏал, фондалъул хӏалтӏи", "date": "2022-05-26 10:23:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏемертӏалаял минабазул капиталияб ремонт гьаби аслияб хӏалтӏилъун кколеб капиталияб ремонт гьабиялъул фонд гӏуцӏун букӏана 2013 соналда. Гьелдаса нахъе араб 9 соналда жаниб фондалъ гьабуна гӏезегӏан кӏудияб ва пайдаяб хӏалтӏи.\n18 маялда, «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏалиевас кьураб баяналда рекъон, 2014-2040 соназда капиталияб ремонт гьабизе ккола 4001 минаялъе.\nГьелъул хӏалтӏи тӏадбан ине байбихьараб 2014 соналда къачӏазе хӏисабалде босун букӏана 30 гӏемертӏалаяб мина. Рукъалъул гӏатӏилъиялда рекъон кьезе тӏадал взносал 15 проценталъ гурони ракӏаризе кӏун рукӏинчӏониги, гьеб хӏалтӏи тӏубана 100 проценталъ. 2020 соналде щвезегӏан капиталияб ремонт гьабуна 82 азарго чияс гӏумру гьабулеб 580 минаялъуб, хисана чанго нусго тӏох, гьединабго къадар лифтазул, цӏи гьаруна фасадал ва коммуникациял, къачӏана кьучӏал. 2021 соналда взносал (1 кв метралъухъ 6,5 гъурущ) ракӏариялъул процент бахана 71-ялде ва гьелъул хӏасилалда тӏубанго хисизабизе кӏвана 177 гӏемертӏалаяб минаялъул сипат. Гьезда гьоркьоса 78 минаялда лъуна цӏиял тӏохал, 48 минаялда цӏи гьаруна фасадал, 68 минаялде рачана цӏияб тайпаялъул коммуникациял, 32 минаялда лъуна хӏинкъи гьечӏел лифтал. Лифтал къачӏай ва гьел хиси ккола кӏвар бугеб масъала. Ахираб 20 соналда жаниб лифтазул магӏишаталда гьабин абизе гӏураб хӏалтӏиго гьабун букӏинчӏо. Гӏаммаб куцалда республикаялда хисизе ккола 500-гӏанасеб лифт. Гьеб хӏалтӏи тӏубазелъун республикаялъул бюджеталъ щибаб соналъ биччала 100 млн гъурущ ва гьелъул хӏасилалда, ахираб 3 соналда жаниб хисизе кӏвана 247 лифт. Хисизе цӏиял лифталги къватӏире риччала нилъерго заводазда («Кизлярский электроаппаратный» ва «Махачкалинский машиностроительный»).\nГьеб киналдаго тӏаде, шагьаралъул администрациялъул гьариялда рекъон къачӏана жеги 10 гӏемертӏалаяб мина. Къабул гьарурал планазда рекъон, исана къачӏазе ккола 65 мина, цоги сурсатазул квербакъиги хӏалтӏизабун, гьеб къадар цӏикӏкӏине бегьула 100-ялде щвезегӏанги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "17876-koronavirusal-ul-zaral-tiubango-k-inadaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17876-koronavirusal-ul-zaral-tiubango-k-inadaj", "title": "Коронавирусалъул зарал тӏубанго къинадай?", "date": "2022-05-26 10:27:36", "categories": ["med"], "text": "2020 соналъул март моцӏалдаса нахъе СМИязги, социалиял гьиназдаги, корохъ-гьабихъги гьоркьоса къотӏичӏого бицунаан коронавирусалъул хӏакъалъулъ. Ахираб заманалда, Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялъул ургъалица гӏадатиял гӏадамазда гьоркьоб гьеб унтул хӏакъалъулъ къанагӏат гурони бицунеб рагӏуларо. СМИязги гьелъул хӏакъалъулъ цебе гӏадин гӏемер бицунеб гьечӏо. Гӏилла щиб? Дунялго квегъараб, бихьулареб тушман — COVID-19 тӏубанго тӏагӏунебищ бугеб яги цогидал цӏиял харбаз гъоркьго къине гьабунищ бугеб гьеб квешаб унтул хӏакъикъат?\nНилъер улкаялда къойилго унтулезул къадаралъул хал гьабуни, коронавирус нахъе къалеб букӏин бихьула. Гьал къоязда, Россиялда коронавирус унти тӏатаразул къадар щибаб къойил гӏага-шагарго 5000 чиясде бахуна. Унтун больницаялда регарал яги унти бахун букӏин тестаз бихьизабулезул къадар 225162 чиясде бахуна.\n23 маялда улкаялдаго коронавирусалъ унтун больницаялда регизаруразул къадар 775 чи гурони гьечӏо. 24 маялдайин абуни, больницаялда вегизавуна 2466 чи. Цересел къоязде дандеккун больницаялда регизаруразул къадар 218 проценталъ цӏикӏкӏана. 23 маялда COVID-19 унтудаса хвана 76 чи. 24 маялдайин абуни — 90 чи.\nПандемия байбихьаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан Россиялда COVID-19 унтиялъ хвана 378 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Пандемия байбихьаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан Россиялда COVID-19 унтиялъ хвана 378 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи.\nДунялалдаго гьеб унти сордокъоялда жаниб (23 май) 481 азарго чиясулъ батана. Пандемия байбихьаралдаса нахъе дунялалдаго коронавирусалъ унтана 526 миллион чи, хваразул къадар анлъго миллионалдасаги цӏикӏкӏана.\nДагъистаналдайин абуни, коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 24 маялда COVID-19 унти тӏатана 10 чиясулъ. Пандемия байбихьаралдаса нахъе республикаялда коронавирусалъ унтана 93182 чи. Кӏигониги моцӏ буго, талихӏалъ, коронавирусалдаса цогӏаги чи хвечӏелдаса. Дагъистаналдайин абуни, коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 24 маялда COVID-19 унти тӏатана 10 чиясулъ. Пандемия байбихьаралдаса нахъе республикаялда коронавирусалъ унтана 93182 чи. Кӏигониги моцӏ буго, талихӏалъ, коронавирусалдаса цогӏаги чи хвечӏелдаса.\nРоссиялда коронавирусалъ унтаразул къадаралъул статистикаялъул баяназул хал гьабидал, пандемиялъул заманалда бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал унтун рукӏана исана февраль моцӏалда. 11 февралалда унтун вукӏана 203943 чи. Гъоркьисаги бищунго цӏикӏкӏун коронавирусалъ гӏадамал унтун рукӏана октябрь моцӏалда – 41 азаргогӏанасев чи.\nБищунго цӏикӏкӏун чи хвана 2021 соналъул ноябрь моцӏалда. 20 ноябралда сордо-къоялда жанир хвана 1254 чи. Хадубги холезул къадар гӏодобе кколеб букӏана 2022 соналъул февраль моцӏалде щвезегӏан.\nВа март моцӏалдаса нахъе унтаразулги холезулги къадар дагьлъана.\nПандемия байбихьаралдаса нахъе бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал унтараб февраль моцӏалде дандек- кун ахираб лъабго моцӏалда жаниб гӏезегӏан гӏодобе ккана унтаразул къадар. Жакъа къоялда унтаразул къадар хӏисабалде босани, 2022 соналъул февраль моцӏалде дандеккун 460 проценталъ гӏодобе ккун буго. Гьеб хӏужаялъулъ балъголъаби цӏехечӏого, жакъасеб къоялда коронавирусалъ унтаразул статистикаялъул хӏисаб гьабуни, гьеб балагьгӏаги тӏаса анин рохизе ккараб хӏал буго. Амма COVID-19 унти, грипп ва ОРВИ гӏадин, гьавабакъ хисулеб заманалда баккулеб гӏаламатлъун хутӏизе рес бугин рикӏкӏунеб буго инфекционистаз.\nКоронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъунин абун, гьеб тӏубанго нилъер гӏумруялдаса тӏагӏинин абун рохизе жеги заман щун гьечӏин рикӏкӏунеб буго РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ. Июнь моцӏалда унтаразул къадар цӏидасан цӏикӏкӏине рес бугин абулеб буго гьез.\nМинздравалъул цо-цо инфекционистаз абулеб буго июнь-июль моцӏазда коронавирусалъул цӏияб карачел баккизе рес бугин. Цӏияб, «омикроналъул» карачелалдаса цӏикӏкӏараб ва захӏматаб букӏине батиларин абураб хьулги буго гьезул. Минздравалъул цо-цо инфекционистаз абулеб буго июнь-июль моцӏазда коронавирусалъул цӏияб карачел баккизе рес бугин. Цӏияб, «омикроналъул» карачелалдаса цӏикӏкӏараб ва захӏматаб букӏине батиларин абураб хьулги буго гьезул.\nОперативияб штабалъул ахирисел баяназда рекъон, улкаялдаго коронавирусалда данде коллективияб иммунитет 36,8 проценталде бахун буго. Улкаялдаго 91,3 миллион чияс гьабун буго коронавирусалде данде вакцинаялъул тӏоцебесеб компонент. Гьезда гьоркьор руго «Спутник Лайт» цохӏо компоненталъулаб вакцина гьабуралги.\nНилъер улкаялда коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъулеб батаниги, дунялалъул 70 улкаялда гьеб цӏикӏкӏунеб буго. Гьединал баянал кьолел руго ВОЗалъ.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "17877-tsiiyab-giurada-akhiriseb-tsiumurgi-surak-at-gavuraldasa-90-songi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17877-tsiiyab-giurada-akhiriseb-tsiumurgi-surak-at-gavuraldasa-90-songi", "title": "Цӏияб Гӏурада ахирисеб цӏумурги Суракъат гьавуралдаса 90 сонги", "date": "2022-05-26 10:29:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 маялда Цӏияб Гӏурада, мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловасул цӏаралда бугеб школалда, тӏобитӏана кӏиго тадбир цолъизабураб байрам.\nРосдал наслабазе тарбияги лъайги кьолеб, гьел гӏадамалъе рахъинарулеб аслияб «чӏинкӏиллъи» рикӏкӏадасанго батӏа бахъизе лъала берцинлъиялъги, жанире щведал ракӏ гӏатӏид гьабула гьелъул узданлъиялъги. Азбаралде лъугьанщинав чиясе салам кьолеб бугин ккола гьениб цӏакъ рекъон бугеб, цӏалдохъабазе къойилаб насихӏат гӏадаб, скульптор Гьимат Гьиматовас гьабураб Суракъатил бюсталъ.\nБайрамалъул байбихьиго букӏана улбузул бадиб магӏу хулизабулеб, эбел-инсул куркьбазда гъоркь гӏурал тӏанчӏи гьезда жеги бичӏчӏулареб дунялалде, жидерго куркьбазда рор- жине заман щвеялъ, гьезда бихьизе бугебщинаб бигьаяб гуреб нухда гьезул ракӏазда улбузе хасиятаб ба- рахщиялъ цӏураб.\nБайрам рагьана школалъул директор Хӏажиева Патӏиматица. Жиндир гьариги къабул гьабун рачӏарал гьалбадерие гьелъ кьуна баркалаги. Диего рохеллъун лъугьана Суракъатил вац, профессор, Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур Гӏабудало вихьиялъги гьесухъ гӏенеккизе щвеялъги. Гьединго асар гьабуна росуцоязул цӏияб гӏелалъе нух битӏулаго гьабураб профессор, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, ДГМАялъул проректор Мухӏамад Хӏамидовасул насихӏатаб каламалъги, доцент, физ- культураялъул кафедраялъул нух- малъулев Мухӏамад Мухӏамадовасги, педагогикиял гӏелмабазул кандидат, доцент Хӏалимат Инусовалъги, ДГУялъул доцент Мухӏамад Рамазановасги, СПКялъул председатель Гӏали Асиятиловасги, лъималазул тохтур Залму Мухӏамадовалъги гьарурал кӏалъаязги.\nАхирисеб цӏумуралъулги Суракъат Асиятиловасулги байрамалда хурхун щивасе хасаб гьезул ка- ламалъги чӏаголъи кьуна школа лъугӏун унел гӏолилазул улбузда букӏараб гьидерил формаялъ дагьабги берцин гьабураб, ракӏал сахаватал гӏурадисез занкӏун цӏураб залалъе.\nКӏалъай гьабуна, гьединго, гӏолилазул классалъул нухмалъулей Патӏимат Нурмухӏамадовалъ, улбузул рахъалъ мугӏалимзабазе баркалагун цере рахъарал гьезул вакилзаби Мадина Мухӏамадовалъ ва Гӏайшат Жаватхановалъ. Кучӏдулги, кьурдабиги, гӏолилазул берцинлъиги, чӏахӏиязул гӏакъиллъиги цолъараб байрамалъул ахиралда гьалбадерие хасаб, пашманлъи гъорлъ жубараб рохеллъун букӏана Суракъатил бюсталда цере, гьесдаса чӏухӏиялъул асар гъорлъ лъурал тӏугьдул лъезе рес щвей.\nНухал ритӏаги нужее, Цӏияб Гӏурадаса гӏолилал! Кидаялиго гӏагараб школалде Тӏоцебесеб цӏумуралъул гьаракьалда гъоркь гьенибе тӏамураб галиго гӏадин, баракатаб батаги нужеда гьениб рагӏулеб Ахирисеб цӏурмил гьаракьалда гъоркь къватӏибе тӏамулеб галиги! Бокьулеб школалъ кьураб тарбиялда цадахъ кӏочон тоге кӏудияб цӏаралъул росуцояв Суракъатил цӏаралъе мустахӏикъал рукӏинеги, гьидерил къартӏги, гьидерил кашги, гьидерил руччаби киданиги хисичӏеб, гьезул паспорт гӏадаб ратӏлил формаги!\nТубхӏат ЗУРГЬАЛОВА"}
{"slug": "17880-gurkhielal-ul-giorkh-igi-rakhimuyal-ul-rotsengi-bukiunareb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17880-gurkhielal-ul-giorkh-igi-rakhimuyal-ul-rotsengi-bukiunareb", "title": "Гурхӏелалъул гӏорхъиги рахӏмуялъул роценги букӏунареб", "date": "2022-05-26 10:33:09", "categories": ["obshestvo"], "text": "Ахирал соназда дунялалдаго хехаб куцалда цӏикӏкӏунеб буго бусурбабазул гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул къадар. Цо-цо улкабазул бечелъи буго жидеего къваригӏунеб къадаралдаса цӏакъго цӏикӏкӏараб, хасго кванил нигӏматазул рахъалъ. Гьебго заманалда мискинал пачалихъазда лъимал холел руго ракъуца, къечалъ, унтабаз. Ресукъал чагӏазе гурхӏел-рахӏмуялъул кумек гьабизеян бечедал улкабазул лъикӏал гӏадамал рачӏуна мискинал пачалихъазде. Ресукъал чагӏазе гьабураб гурхӏелалдалъун, бусурбанчияс жужахӏалъул цӏаялдаса хвасар гьавула живго. Гьединлъидал гьел фондал ккола щивав бусурбанчиясе гурхӏел-рахӏмуялъул тадбирал тӏоритӏизе рес кьолеб бакӏ.\nГьал къоязда дун дандчӏвана кӏалбиччанкъоялде Африкаялдаса гӏагараб Шамил районалъул Хӏотода росулъе вачӏарав, Тӏолгодунялалъул «Новая жизнь» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул ассоциациялъул фондалда хӏалтӏулев Мухӏамадхӏажи\n— Мухӏамадхӏажи, нилъер гара-чӏвари байбихьилин, цӏалдолезул дургун лъай-хъвай гьабиялдаса.\n— Дица лъугӏизабуна ДГПТИялъул ралел бакӏазул факультет. Хӏалтӏана транспорталъулаб компаниялъул менеджерлъун, хадув логистлъун.\nУнкъабилеб курсалда цӏалулеб мехалда ячана лъади. Мискинлъиялда ва ресукълъиялда букӏана нижер гӏолохъанаб хъизам. Гьединал чагӏазе гӏумру-яшав гьабиялъе букӏунеб захӏмалъи дида цӏакъ лъикӏ бичӏчӏула. — Дица лъугӏизабуна ДГПТИялъул ралел бакӏазул факультет. Хӏалтӏана транспорталъулаб компаниялъул менеджерлъун, хадув логистлъун. Ункъабилеб курсалда цӏалулеб мехалда ячана лъади. Мискинлъиялда ва ресукълъиялда букӏана нижер гӏолохъанаб хъизам. Гьединал чагӏазе гӏумру-яшав гьабиялъе букӏунеб захӏмалъи дида цӏакъ лъикӏ бичӏчӏула.\n— Гурхӏел-рахӏмуялъул кумек гьабиялде сунца вачарав мун?\n— Гьабизе жо лъаларого ругел нижер – лъадулги дирги – ракӏал гьеб ишалде гьесизаруна Аллагьас. Лъадуца гӏуцӏана «Отдам, приму в дар» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фонд. Байбихьуда нижеца бакӏарулаан басрияб, ай ретӏараб ретӏел-хьит ва гьеб бикьулаан ресукъал чагӏазда гьоркьоб. Хадуб гӏуцӏана «Сабур» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фонд. Рес бугел чагӏазухъа бакӏарараб гӏарцудаса пайдаги босун, мухьдахъ ккурал квартирабазухъ гӏарац кьезе кумек гьабулаан лъимал гӏемерал хъизамазе, гьединго гьезие кьолаан кванил нигӏматал.\nЦоязе Халикъас кьола бечелъи, цогидазе – лъай, гӏакълу, махщел, дие гьеб щвечӏо. Алхӏамдулиллагь, Халикъас дие кьуна къварилъиялда ругел чагӏазухъе гурхӏел-рахӏмуялъул квер бегьизе бокьулеб, цогидазе кьечӏеб гӏамал-хасият ва гьеб ишалде гъира. Гьеб хӏалтӏи дица гьабула ракӏ-ракӏалъ, бокьун буго гӏумруго гьелда тӏамизе\nСоциалиял гьиназдасан «Сабур» абулеб нижер фондалъул хӏалтӏул хӏасилал рихьун, «Новая жизнь» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул ассоциациялъул фондалъул нухмалъулев, чачанав Гӏабдулагьица вацапалдасан ралагьана ниж ва ахӏана цадахъ хӏалтӏизе.\n— Бокьилаан, нужер фондалъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицани.\n— 2016 соналда фонд гӏуцӏана Гӏабдулагьица, жакъаги гьес бажарун гьелъие нухмалъи гьабулеб буго. Фондалъул бетӏераб офис буго Франциялда. Фондалъул вакилзаби хӏалтӏулел руго Северияб Кавказалъул киналго республикабазда, Германиялда, Австриялда, Франциялда, гьединго Африкаялъул ва Азиялъул улкабазда.\nЖакъа фондалъ гӏумруялде рахъинарулел руго гурхӏел-рахӏмуялъул цӏакъ гӏемерал проектал. Гьеб мурадалда нижер счеталде, аслияб куцалда, гӏарац битӏун бачӏуна батӏи-батӏиял улкабаздаса гьоркьохъеб ресалъул гӏадамаз. Хирияб Рамазан моцӏалъул хӏурматалда фондалде бачӏана саламатаб къадар гӏарцул.\nГьелдаса пайдаги босун, нижеца Африкаялда ралел руго мажгитал, мадрасаби, лъадал хӏалуцин цӏикӏкӏинабулел сиял, къачӏана гъуял. Гьединалго проектал унел руго Бангладешалдаги. Северияб Кавказалъул республиказда, гьединго Дагъистаналда нижеца гьарулел гурхӏелалъул хӏалтӏаби дагьал батӏиял рукӏуна.\nБищун лъикӏаб садакъалъун рикӏкӏуна гӏадамазе лъим чӏезаби. Масала, пуланав чияс бараб гъуялъусан гӏадамаз лъим гьекъолеб бугебгӏан заманалъ гьесие бачӏунебго бачӏунеб букӏуна кири. Гьебги бичӏчӏун, гӏадамаз байбихьун буго жидерго цӏаралдаса гъуял раялъе нижер фондалде гӏарац рехизе. Масала, Табасаран районалъул Хнов росулъа Мухӏамадханов абулев чияс фондалъул счеталде рехун бачӏана гӏарац, жиндир хварай эбелалъул цӏарги лъун, Африкаялда гъуй баян гьарун.\nГьениб цо гъуй гьабиялъухъ уна 900-1000 евро. Гьединаб гӏарац Африкаялъул росабазул гӏадатиял гӏадамазда макьилъцин бихьуларо. Гьев табасаранасул гӏарцудалъун ба- раб гъуялда тӏад хъван буго «Семья Магомедхановы, село Хнов, колодец №2» абун.\nГӏадамаз бачӏараб гӏарцудалъун бараб гъуялда нижеца цӏар лъола «Бисмиллагь, от всех мусульман» абун. Жакъа къоялде нижеца гьениб бана гьединаб 34 гъуй.\nАслияб куцалда фондалъ хӏалтӏа би гьарулел улкаби ккола Нигер ва Бангладеш.\n— Кинал тадбирал гьарурал ахираб заманалда фондалъ?\n— Африкаялъул, дурусго абуни, Нигералъул ва Бангладешалъул росабалъ рамазан моцӏалъ нижеца тӏоритӏана 700-1000 чи гӏахьаллъарал гӏемерал ифтарал. Гьеб гуребги, Нигералъул росабалъ щибаб къоялъ кваназавулаан 200-ялдаса цӏикӏкӏун бецав чи. Рамазан моцӏалъ нижеца кваназавуна кинавниги 36 азарго чи.\nАфрикаялъул росабазул гӏемерисел гӏадамазул букӏунаро кинабгӏаги тӏаде бачӏунеб харж, гьезда лъаларо пенсия, пособие, абулел жал. Гьенир руго цӏакъ бечедал ва цӏакъ мискинал гӏадамал, гьоркьохъеб класс абуни, гьезего гьечӏо. Гӏадамазул 75-80 процент буго мискинлъи-пакъирлъиялда. Гьезул бечедал чагӏазул гӏадат гьечӏо мискинзабазе кумек гьабулеб. Африкаялъул росабазул гӏемерисел гӏадамазул букӏунаро кинабгӏаги тӏаде бачӏунеб харж, гьезда лъаларо пенсия, пособие, абулел жал. Гьенир руго цӏакъ бечедал ва цӏакъ мискинал гӏадамал, гьоркьохъеб класс абуни, гьезего гьечӏо. Гӏадамазул 75-80 процент буго мискинлъи-пакъирлъиялда. Гьезул бечедал чагӏазул гӏадат гьечӏо мискинзабазе кумек гьабулеб.\nНигералъул халкъалъул гӏага-шагарго 98 процент ккола «хӏалакъабго» диналъул бусурбаби. Ни- жеца гьезул росабалъ бана 27 мажгит ва 1176 гъуй, Бангладешалда абуни — 5375 гъуй, гӏицӏго гьаб соналъул рамазан моцӏалда Бангладешалда нижеца гьабизе заказ гьабун букӏана 1036 гъуй. Цо лъадал хӏалуцин цӏи кӏкӏинабулеб си баялъул багьа баху- на 12500 евроялде. Фондалъ Ниге- ралда бана анлъго гьединаб си ва 16 мадраса. Бангладешалъул росабалъ ва Бирмаялдаса лъутун рачӏаразул лагералда (кӏиго миллион бусурбан- чи) бана 36 мадраса. Талихӏалъ, мугъ рехарал гьел лагеразда ругел чагӏазе нижеца гӏуцӏана ифтарал, гьенире щвезаруна кванил нигӏматал. Амма бакӏалъул законаз изну кьоларо гьел пакъирзабазе гӏарцулаб кумек гьа бизе. ЦохӏНигералъул халкъалъул гӏага-шагарго 98 процент ккола «хӏалакъабго» диналъул бусурбаби. Ни- жеца гьезул росабалъ бана 27 мажгит ва 1176 гъуй, Бангладешалда абуни — 5375 гъуй, гӏицӏго гьаб соналъул рамазан моцӏалда Бангладешалда нижеца гьабизе заказ гьабун букӏана 1036 гъуй. Цо лъадал хӏалуцин цӏи кӏкӏинабулеб си баялъул багьа баху- на 12500 евроялде. Фондалъ Ниге- ралда бана анлъго гьединаб си ва 16 мадраса. Бангладешалъул росабалъ ва Бирмаялдаса лъутун рачӏаразул лагералда (кӏиго миллион бусурбанчи) бана 36 мадраса. Талихӏалъ, мугъ рехарал гьел лагеразда ругел чагӏазе нижеца гӏуцӏана ифтарал, гьенире щвезаруна кванил нигӏматал. Амма бакӏалъул законаз изну кьоларо гьел пакъирзабазе гӏарцулаб кумек гьа бизе.\nЦохӏо рамазан моцӏалъ гьел улкабазул мискинзабазе нижеца бикьана щуго миллионгун лъабнусазаргоялдаса цӏикӏкӏун евро (цо чиясе 100 евро). Гьенир ругел гьоркьохъел харжазул хӏисаб гьабуни, гьеб ккола кӏиго моцӏрол харж. Гӏарцулаб садакъа кодобе щведал, рекӏел низам биххун лъугьун, гӏодула гьел пакъирзаби.\nНигералда кӏудияб масъалалъун лъугьун буго Къуръанал щунгутӏи ва гьел ричун росизе гӏадамазул рес гьечӏолъи. Гьебги хӏисабалде босун, гьениб нижеца бикьана азаргоялдаса цӏикӏкӏун Къуръан.\n— Нилъерго гьаниб гьабичӏого, батӏиял пачалихъазде ун, дуца гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гӏилла щиб кколеб?\n— Россиялда, хасго Дагъистаналда руго гӏемерал ва чӏахӏиял гурхӏелрахӏмуялъул фондал. Нилъер буго, умумулъанго бачӏараб, цоцазе кумек гьабулеб гӏадат, мадугьал дуца киданиги вакъун-къечон толаро. Африкаялъулазул цоцада кверчӏвалеб гӏадат гьечӏо. — Россиялда, хасго Дагъистаналда руго гӏемерал ва чӏахӏиял гурхӏелрахӏмуялъул фондал. Нилъер буго, умумулъанго бачӏараб, цоцазе кумек гьабулеб гӏадат, мадугьал дуца киданиги вакъун-къечон толаро. Африкаялъулазул цоцада кверчӏвалеб гӏадат гьечӏо.\nГурхӏел-рахӏмуялъул кумек гьаби буго «цоцаде бахунеб унти» гӏадаб жо. Рикӏкӏадаб Россиялдаса рачӏун, нижеца кумек гьабулеб бихьидал, Бангладешалъул хӏукуматалъул вакилзабиги лъугьана, нижгун цадахъ, чӏахӏиял ифтарал тӏоритӏизе. Гьединго Нигералъул цо министралъги гьабуна гьединабго хӏалтӏи.\nАфрикаялда лъим ккола гӏумру. Лъим гьечӏолъи ккола гьенир гӏемерал гӏадамал ракъуца холел рукӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Бутӏрузда лъун лъел ведрабигун гьезул руччабаз лъим баччула анлъго-анкьго километралъул рикӏкӏалъиялдасан. Гьабсагӏат гьезие рес буго, нижеца рарал гъуязул лъедаса пайдаги босун, росдал магӏишаталъул культураби гӏезаризе. Фондалъ тӏаде босун буго Нигералъул щибаб росулъ цоцогӏаги гъуй базе. Африкаялъул пачалихъазул гӏадамазул мискинлъиялъул бицани яги видеоялдасан гьеб бихьизабуни, нилъер гӏадамал божиларо. Гӏемерисезул букӏунаро радал кваназе квен, гьезул аслияб масъала ккола къаде кваназе жо балагьи.\nЩибаб къоялъ гьел кваназарун нижеда хӏал кӏоларо. Гьединлъидал фондалъул аслияб масъала ккола мискинал чагӏазухъе ччугӏа кквезе гъармахъ кьей.\nНури Нуриев"}
{"slug": "17884-itstsul-sarinatsa-bachuneb-bak-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17884-itstsul-sarinatsa-bachuneb-bak-an", "title": "«Иццул саринаца» бачунеб бакъан", "date": "2022-05-26 10:43:04", "categories": ["magiarukh"], "text": "Магӏарухъе щведал, гӏажаибго берцинго бихьула дунял. Рокьула гӏадамал, бокьула гӏумру. Кин абуниги, жакъа цохӏо магӏарухъ хутӏун буго нилъер ракӏал хинлъизарулеб къуватги, эбелаб ракьалдаса бугеб берцинаб махӏги, тӏабигӏаталъул гьайбатлъиги. Гьелъул хӏакъалъулъ нилъеца цебеги бицана, сонал индал хадур рачӏунезги бицина. Амма азарго сверел гьабун бицаниги, гьеб хӏакъикъат хутӏизе буго хиси гьечӏеб, нур свинчӏеб, цогидаб сунцаниги жиндир бакӏ кквезе рес гьечӏеб ритӏухъаб каламлъун.\nМагӏарухълъи бугебгӏан заманалда нилъ руго\nХалатаб цеберагӏиги цӏалкӏун сундул бицине дун хӏадурлъулев вугевин ккела нужеда. Дие бокьун буго Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъ вугев гӏадатияв магӏарулав, умумузул тӏабгӏги, росдал гӏадатги мицӏир тӏаса камичӏого цӏунизе лъарав, гьалбалги рокьулев, гӏадамалги хирияв чиясул хӏакъалъулъ нужее бицине. Гьев ккола Мухӏамад Хӏасанов. Гӏемерал соназ Гӏурала гьоркьохъеб школалъул учительлъун хӏалтӏарав, лъабго лъимадуе тарбияги кьун гьел гӏезарурав инсан. Амма магӏарулазда гьев лъала жиндирго хатӏги, цогидазда релълъинчӏеб гьунарги бугев шагӏир хӏисабалдаги.\nХӏасановасул творчествоялъулаб сордойилан цӏар лъураб гьайбатаб тадбир букӏана араб рузман къоялъ Кӏуяда. Цадахъ хӏалтӏулев дир пишацояв гьудул, Хӏасанов Мухӏамадил вас Темирханица ахӏун вукӏана дун гьеб тадбиралде.\nЦебесеб къоялъго, ай хамиз къоялъул бакъанида рахъана ниж шагьаралдаса. Нух теялъе бицунаго аваданаб хабаргун, гӏодореги риччан, хабар гьуинлъиялъеги биччан магӏарул кечӏгун рачӏунел рукӏана ниж магӏарухъе. Нижер сапарцояв гьалмагълъун гьеб къоялъ вукӏана Гъизилюрт районалъул Гелбахъалда гӏумру гьабун вугев Къелеса найихъан Махӏмуд-апандиги. Дагьав цевегӏан гьоцӏоги босун редакциялдеги вачӏун вукӏана гьев. Темирханил инсуе босараб тӏинчӏнайил бахъараб гьацӏул рамка гьеб къоялъги букӏана гьесухъ. Цӏакъ инсанасул адаб бугев, гьимун гурони кӏалъаларев чи вуго Махӏмуд-апанди.\nМагнитофоналдасан биччараб Хӏажиласул кечӏалъ нижго студенталлъун ругеб заманалде рачана ракӏалдещвеяз.\nЯ дун херлъайгиян хералги руго,\nХиялазул чода чангитищ балеб,\nГьанже мех щванилан щиналги руго,\nЧӏоларин рекӏеда, гудралищ ралел?\nКъого соналъ цебе тӏоцебе гьеб кечӏгун магӏарул эстрадаялде вачӏарав Хӏажиласул кочӏоца гӏемераб жо ракӏалде щвезабуна. Тӏоцебесеб рокьиги, тӏоцересел анищалги, балугълъиги, сундулниги ургъел гьечӏел аваданал соналги. Нахъехун тӏерхьун арал соназда жаниб бахчараб рохелги къварилъиги цӏидасан гьулчун бачӏана рекӏелъе. Дол талихӏал сонал цӏидасан ракӏалде щвезаруна Темирханицаги дицаги.\nРакӏалдещвеязул щенон балеб цӏадалъ лазаталда риччизеги гьарун, ниж Къородисезул кьотӏе щун ратана. Кигӏан кӏудияб кири щун батилеб гьаб нухде хъил тӏезе кверба-къарав Къурбайиласул Мухӏамадил Мухӏамадкамилиеян абуна нижеца цоцазда, кӏуядерил тӏоцебесеб кули бихьулеб бакӏалде щведал.\nГӏалахалде къотӏун рукӏарал гӏачи-бачалги цере къотӏун ячӏуней цо чӏужугӏаданалда берчӏвайдал, нахъойги лъимерлъуде нахъ вуссинавуна пикрабаз. Шагьаралдаса тӏоцеве росулъе щвараб къо бачӏана ракӏалде. Щуго сон букӏана дир доб мехалъ. Амма жакъаги щибниги къосинчӏого цебе буго доб сурат. Гьадинабго, бакъал тӏерхьунеб гӏужалъ росу рагӏалде щварабго, рохьдолъа руссун рачӏунел гӏачиязул, эбел юссиналъухъ къоялъ балагьун чӏун рукӏарал гӏисинал бачаз рохун гьабураб гьаракьги, тӏоцебе бихьулеб магӏарухълъиялъ диего гьабураб асарги чӏана цебе. Гьединго ракӏалде щвана пекарниялдаса, гьанжего гьанже бежараб чадидаса букӏараб къалал рухӏизарулеб берцинаб махӏги, гъасда бакараб цӏаги, мугӏрул лъеда гьализабураб чаялъул букӏараб тӏагӏамги…\nОгь, магӏарухъ сордо\nГӏалиханил Мухӏамадил азбаралъуре ниж щвана маркӏачӏул гӏужалъ. Как ахӏизе анин эменилан бицана Темирханида нижеда дандчӏвазе яхъун ячӏарай гьесул эбел Райгьанатица. Гьезул рукъалда цун гӏадин бугоан мажгитги. Умумузул заманалъго бан букӏараб гьеб гьанже жанисан берцинго къачӏан бугоан. Маркӏачӏул как ахӏулеб Темирханил инсул гьаракь тӏибитӏун ана росдада тӏад. Гьале доб дие бищун бокьулеб, гӏадамалги гъасде руссунеб, росуги дагь-дагьккун сасун унеб, гӏажаибго берцинго рещтӏунеб маркӏачӏул гӏуж.\nМажгиталъуре ниж лъугьарабго рохалил цӏуна Хӏасанов Мухӏамадил гьумер. Церего урхъун рукӏарал гьалбадерида гӏадин дандчӏай гьабуна гьес нижеда къвалги бан. Берцинго гьикъа-бакъарана, ниж рачӏиналдаса бугеб рохелги разилъиги нижее загьир гьабун гӏорцӏулев вукӏинчӏо.\nКакалги ран ниж къватӏире лъугьарабго, Кӏогьориса Хӏамзалав Хӏамзалавги ватана Хӏасанов Мухӏамадил азбаралде щун. Жиндирго росулъа (Кӏогьорисан) анивехун вачӏине вугин гьевин бицун букӏана Темирханица нижеда. Гьанже нилъ вац Нурмухӏамадихъе рилълъине кколин, цевегоялдаса нахъе валагьун чӏун вугин гьевилан, нижги хадур гьарун, цеве вилълъана Темирхан. Инсуда аскӏобго бугоан гьитӏинав вас Нурмухӏамадил минаги. Гӏурала гьоркьохъеб школалъул завучлъун хӏалтӏулев вуго гьев.\nАзбаралъуб шашликӏал режизе бакараб цӏаги, дагьаб добегӏан рекъезабун лъураб мангалги, гьалбал гӏодор чӏезе лъураб халатаб скамейкаги бугоан гьениб хӏадурун. Лъикӏаб минаги, минаялда цебе кӏудияб гӏатӏилъуда аххурги буго Нурмухӏамадил. Режулел шашликӏалги, бицунеб хабарги, гьабулеб махсараги – цӏакъ аваданаб сордо букӏана. Азбаралъуб букӏараб нижер ракӏгӏатӏидаб данделъи биххизабуна ракӏалдаго гьечӏого базе лъугьараб цӏадалъ. Хъата-масан гӏурдада бежараб шашликӏги нахъе босун, рагъиде рачана ниж Нурмухӏамадица.\nХадуб букӏана бихьиназул эркенаб мажлис, гбицунеб хабар. Къватӏиб гӏисинккун балеб букӏана ихдалил цӏад. Нурмухӏамадил рагъида, балеб цӏадал гьаркьиде гӏинги бан, бицунеб хабаралъухъги гӏенеккун – цебегоялдаса нахъе дун урхъун вукӏараб сордоги гӏодобчӏейги щвана дие гьеб сордоялъ.\nБоголил какдаса хадуб нижер столалда нахъа чагӏи цӏикӏкӏана. Темирханил вацгӏалзабиги, мадугьалзабиги, гьесул гӏелбащадал гӏолохъабазул анцӏгониги чи вачӏана тӏаде. «Даци, цоги щиб босилеб, даци, чай хӏадурун буго, даци, пурщаби дагьалги режилищ?» — абун, нижеда цебе щиб лъелебали лъаларого, богорокъое-нахъе йортун, гьалбадерие хъулухъ гьабулей Темирханил яцалъул ясги йикӏана. Цӏикӏкӏараз кьураб тӏадкъай тӏубазе хӏадурун, эхетун чӏун рукӏана гӏисинал гӏолохъаби: Мухӏамадрасул ва Хӏажи.\n«Рогьалилъ ахӏулеб будунасул как, сири балеб буго гьаб дир черхалда»\nСагӏат анцӏила кӏигоялде бащдаб хӏалтӏизегӏан биххичӏо гьеб аваданаб данделъи. Радал батулеб бакӏалда бетӏер лъезе кколин гӏадада абун гьечӏин умумузилан, регизе рачана Темирханица ниж. Гӏодоб тӏамураб бусада лазаталда макьуги щун кьижарав дун ворчӏизавуна рогьалил как ахӏулев Хӏасанов Мухӏамадил гьаракьалъ.\nРадал рахъиндал кьерхараб дунял батана. Кьилимагӏарда тӏад лъураб руссунакӏкӏалъ сверухълъи бацун букӏана. Рузманалдаса ниж рахъун хадур тӏаде щвана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалда Авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовги (Ибрагьимил Мухӏамад), Дакул фондалъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасановги, шагӏирзаби — Гӏалихӏажи Мухӏамадовги, Тубхӏат Зургьаловаги, редакциялъул хӏалтӏухъан Шамай Хъазанбиеваги.\nТӏасияб тӏалаялда, гӏатӏидаб залалъуб лъураб кӏиго столалда тӏад тӏибитӏун букӏана тӏагӏам. Гьениб лъай-хъвай ккана дир 28 соналъ школалъул директорлъун хӏалтӏарай, Темирханил кӏудияй эбел Гӏабидатилгун. Гӏумру бихьарай, цӏакъ хабар гьуинай, недегьаб хасияталъул гӏадан ятана гьей. Гьонодаса кколин дунин бициндал, цӏакъ разилъана. Гьениса жиндаго лъалел рукӏанщинал гӏадамал рехсезе лъугьана. Хасго цӏакъ адабгун ракӏалде щвезавуна 34 соналъ Гьонода росдал школалъе нухмалъи гьабурав Хӏамзат Мухӏамадов. Гьесул бицун гӏорцӏулей йикӏинчӏо Гӏабидат. Жидерго рукъалъул чийилан толаанин жинца гьев. Хӏакъикъаталда гьедин ракӏалде щвезавизе бегьуларев чи вукӏинчӏо мунагьал чураяв Хӏамзат Гьиматович. Директор Хӏамзат. Гьесул хӏакъалъулъ газеталъе гӏатӏидго хъвала, Аллагьас хъван батани. Гьанже нилъ Хӏасанов Мухӏамадил азбаралде нахъ руссинин.\nКваназеги кванан, аскӏобго бугеб Кьогъоб росдал маданияталъул кӏалгӏаялда цере лъалхъана. Гьениб тӏобитӏизе бугин инсул творчествоялъул сордойин бицун букӏана Темирханица. Ниж рачӏиналдего, бащдаб клуб цӏун букӏана гӏадамаз. Сценаялда кинабго хӏадурун букӏана хӏурматиял гьалбал къабул гьаризе.\nТадбир берцинго нухда бачана Хӏамзалав Хӏамзаловас. Хӏасанов Мухӏамадил гӏумрудул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ бицине сценаялде гьес къабул гьаруна Гӏурала гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъаби. Тадбир берцинго нухда бачана Хӏамзалав Хӏамзаловас. Хӏасанов Мухӏамадил гӏумрудул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ бицине сценаялде гьес къабул гьаруна Гӏурала гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъаби.\nЦӏакъ пасихӏго бицана гьез росуцоясул бечедаб гӏумруялъул тарихалъул. Хӏасанов Мухӏамадил творчествоялъе кӏудияб къимат кьун кӏалъана Мухӏамад Мухӏамадов, Асхӏабгӏали Хӏасанов, Тубхӏат Зургьалова. «Хӏакъикъат» газеталъул цӏаралдасан Мухӏамадида творчествоялъулаб сордо баркана Шамай Хъазанбиевалъ. Лъикӏаб, берцинаб кӏалъай букӏана Гӏурала, Кьогъоб ва Кӏогьориб школазул нухмалъулезул.\nШагӏирасул кучӏдул рикӏкӏана Гӏурала ва Кьогъоб школалъул цӏалдохъабаз. Хӏасанов Мухӏамадие сахлъиги гьарун, лалуги пун, киналго хӏайран гьаруна лъебел мухъалъул вакил, шагӏир Гӏалихӏажи Мухӏамадовасги.\nХӏасил-калам, цӏакъ берцинаб данделъи букӏана Кьогъоб маданияталъул кӏалгӏаялъуб. Амма гьелдалъун лъугӏичӏо Кӏуяде гьабураб нижер сапар. Кватӏилалде жал нухда рахъинилан гьесда абизе лъугьун вукӏарав Ибрагьимил Мухӏамадги гьесул сапарцоялги нахъе риччачӏо Хӏасановас. «Шагьаралде нуж ина дир рокъореги щун, кваназеги кванан, дица нухаги регӏун, — ин абуна гьес гьалбадерида.\nМагӏарул пандуралъул къуват\nХадуб букӏана добго кӏиабилеб тӏалаялда нижеца товухъего батараб кванил цӏураб столги гьалбадерие хъулухъ гьабизе эхетарал Мухӏамадил гӏагарлъиги. Нахъойги чӏана гӏодор, кванана магӏарул хинкӏалги, кӏутӏана кьагӏрил гьанадаги. Амма гьеб данделъи бищунго лъикӏ магӏарулазул горсвериялда релълъинабуна нилъер гӏемерисезда лъикӏ лъалев кочӏохъан Кӏуядасагун Гъогъолъа Мухӏамадхӏабибица. Цебесеб сордоялъго Кӏуяде щварав гьев цогидал чагӏазухъ рещтӏун вукӏун, нижеда нахъисеб къоялълъагӏан вихьизе щвечӏо.\nТӏамурги хъван кечӏ ахӏизего гӏадин, кутакаб махщел буго гьесул хабар бицинеги. Тӏокӏкӏун лъала жиндирго анкьумумузул тарих, Надир-шагьасул, имам Шамилил бодулъги гӏахьаллъарал бахӏарчиял умумузул бицен. Амма Мухӏамадхӏабиб нилъеда киназдаго лъалев Мухӏамадхӏабибида релълъуна тӏамур кодобе щварабго. Игьалиса Чупалас гьабураб: «Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал» абураб кечӏ ахӏана гьес тӏоцебе. Ахӏана кидаго гӏадин звархун, гьаракьги биччан, сверухълъиги мугӏрул-щобалги гьаргьадуледухъ, гучаб гьаракьалъе эркенлъиги кьун. Ахӏана Мухӏамадхӏабибица рекъав Ражбадиниде, чачанав Залимханиде, Надир-шагь щущахъ виххизавиялде халкъалъ гьарурал бахӏарчиял, магӏна гъваридал, хвел гьечӏел асарал. Ахӏана цогидабги кечӏ. Ахӏулеб букӏана хӏасратго, гъваридго, щибаб рагӏиги рекӏелъан биччан, чвахулаго гӏетӏгун. Гьеб лахӏзаталъ гьев цӏакъ релълъун вукӏана анцӏила микьабилеб ва анцӏила ичӏабилеб гӏасрабазда рукӏарал рагъазулъ гӏахьаллъарал анкьумумузда.\nГьединаб букӏана Кӏуяде гьабураб нижер сапаралъул авалги ахирги. Цебегоялдаса нахъе гьединаб гьарзаяб, аваданаб гӏодобчӏеялде ккун вукӏинчӏо дун. Лъикӏал, бечедал, нахъеги нилъ гь адин цолъизарулеб тадбиралъе байбихьи лъураблъун батаги гьеб Аллагьас. Магӏарухъе унел нухалги нилъер щивасда къосунгеги.\nАшахан ЮСУПОВ, Кӏуяда-Махӏачхъала"}
{"slug": "17888-adabiyataldegi-madaniyataldegi-rokigun-jizhun-yatana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17888-adabiyataldegi-madaniyataldegi-rokigun-jizhun-yatana", "title": "«Адабияталдеги маданияталдеги рокьигун йижун ятана»", "date": "2022-05-26 10:56:27", "categories": ["kultur"], "text": "Тӏаса лъугьа, шигӏраби, нуж гӏодизе тӏамунин,\nТӏурачӏел анищазда гьоркьоре нуж реханин,\nМакьу тарал сардаца, сабру хварал къояца\nКъварилъи, кӏихӏи бикьун, нужер гъуждузда лъунин.\nИсана 65 сонилаб юбилей кӏодо гьабулеб буго машгьурай шагӏир, хъвадарухъан, журналист Париза Гереевалъ. Гьал гӏагарал къоязда гьелъухъе гьоболлъухъ щведал, тӏахьазда, асаразда, хъвадарухъанасул гӏумруялда тӏасан гӏезегӏанго ракӏрагьараб накъит ккана нижер.\nПариза Гереева ккола Казбек районалъул Хубар росулъа. Лъугӏизабуна ДГПИялъул художествиябгун графикияб факультет. Гьей ккола РФялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, анлъго тӏехьалъул автор. Дагьаб цебегӏан басмаялда бахъана гьелъул «Васигат» абураб романги.\nГьабсагӏаталда Гереевалъ редакторлъи гьабула Хасавюрт шагьаралъул магӏарул мацӏалда къватӏибе бачӏунеб «Насихӏат» газеталъе. Гьелъул асарал рокьула гӏисиназеги чӏахӏиязеги. Гьелъ гвангъарал лъалкӏалги толел руго миллияб адабияталда.\n— Париза, гьитӏинго магӏарул адабияталдегун маданияталде рокьи бижизабиялъе сунца квербакъи гьабураб?\n— Дида лъай лъаралдаса нахъе дун ятана магӏарул маданияталде рокьи бугейлъун. Радиоялдасан ахӏулебщинаб кочӏол авторги, композиторги, живго кочӏохъанги цӏехон, гьеб лъазабулей йикӏунаан дун. Тӏоцебесеб классалда цӏалулей дица, вацасул тӏохьодаса цӏалун, Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай» поэма рекӏехъе лъазабун букӏана.\nМунагьал чураяв эменги вукӏана адабиятгун маданият бокьулев, газет-журналазулгун гьудуллъи ккурав, кучӏдул хъвалев чи. Гьесдаса ирсалъе щун батилаха диеги гьаб.\n— Кин бижараб тӏоцебесеб кечӏ? Кинал рукӏарал творчествоялъул нухде лъолел тӏоцересел галаби?\n— Тӏоцебесеб кечӏ хъвана 1-2 классалда цӏалулеб мехалда. Доб букӏана транспорт къанагӏатаб заман. Тӏоцебе росулъе мотоцикл бачӏараб мехалъ, гьелде хъвана тӏоцебесеб кечӏ. Дун, гьебги босун, инсухъе щвана. Гьев, гьебги цӏалун, гьимана ва дир ботӏрода кверги бахъун, чвантиниб гьебги лъун къватӏиве ана. Гьеб кечӏ нахъе цӏунун хутӏун гьечӏо.\nУнкъабилеб классалда дун цӏалулеб мехалъ бахъана «Дир Хубар росу» абураб кечӏ райгазеталда.\nХадуб, ракь багъаридал, ниж ритӏана Воронеж шагьаралде. Гьений цӏалулаго, дица Дагъистаналде битӏана «Дир Дагъистан» абураб кечӏ тӏад «Махӏачхъала, «Багӏараб байрахъ» абунги хъван. Гьитӏинай чӏужуялда мухӏканаб адресги щибха лъалеб? Дагьаб заманалдаса гьез битӏун бачӏана газеталда бахъараб дир кечӏ. Гьеб мехалъ дир рохалие гӏорхъи букӏинчӏо.\n«Дир хӏасраталъул цӏва» абураб тӏоцебесеб тӏехь басмаялда бахъана 2001 соналда.\n— Аслияб куцалда кинал темабазда асарал хъвалел? Щал кколел асаразул аслиял героял?\n— Лъимерлъуда дица кучӏдул хъвалаан патриотикиял темабазда. Хасго, Воронежалда цӏалулеб мехалъ, гӏемер хъвана Ватӏаналъул хӏакъалъулъ. Гьенир нижее кигӏан лъикӏал шартӏал чӏезарун рукӏаниги, рокъоб ракӏги лъун йикӏунаан дун.\nГьанжейин абуни рорхула батӏибатӏиял темаби. Масала, дица хъвана прозаялъул лъабго тӏехь: «Къисмат», «Гӏумруялъул лахӏзатал» ва «Васигат» абураб роман. Гӏемерал чагӏаз абуна дида, дур асаразулъ жидер къисмат рагьун бугин. Дир асаразул аслиял героял ккола гӏадатиял магӏарулал. Гьезул гӏумру, рукӏа-рахъин, гӏамал-хасият. Бокьула гьезулъ инсанияталъул лъикӏал рахъал, гӏадамазул лъикӏал хасиятал рагьизе.\n— «Васигат» романалда сундул хӏакъалъулъ бицунеб бугеб?\n— Гьеб цӏаларазул цо-цояз абуна бухӏун щвараб бакъудаса хадуб горо-цӏер бараб гӏадаб жо гьабун бугин Паризаца. Гьаб нухалъ дица кӏиябго рахъ бихьизабуна романалда, лъикӏабги квешабги. Гьелда бицен гьабулеб буго нилъер заманалъул гӏадатияй магӏарулалда дандчӏварал къварилъабазулги, гьел къезаризе гьелъ бахъараб яхӏалъулги, цин баккун, цин тӏерхьун, накӏкӏукьан хьвадулеб бакъул загӏипал чӏорал гӏадин, гьелда лъарал къокъалго талихӏал лахӏзатазулги. Гьениб бихьулеб буго рокьи, хӏалимлъи, хӏеренлъиялда цадахъго, инсанасул рекӏелъ бахчун букӏунеб нахъегӏанаб, вахӏшияб асарги.\n— Щив дуца рикӏкӏунев дурго мугӏалимлъун, аслияв критиклъун?\n— Дир аслияв критикги, гӏакълучиги, мугӏалимги вукӏана мунагьал чураяв эмен.\nДий гӏумрудул дарс кьурав,\nГӏакълу тӏокӏав мугӏалим,\nГӏадлу ккараб бакӏалда\nЗакон хасав диванчи.\nГьес кьолаан дир асаразе къимат, рихьизарулаан гӏолел-гӏоларел рахъал. Гьесул дарсал кидаго рекӏелъ хутӏана.\n«Багӏараб байрахъалде» кучӏдул ритӏидал, дие малъа-хъваял гьарулев, гӏакълаби кьолев чи вукӏана Тажудин Таймасханов. Хадубккун, дие лъикӏал дарсал щвана Гӏабасил Махӏамадихъан ва Мухӏамад Патахӏовасухъан.\n— Цӏалдолезул критика кин къабул гьабулеб?\n— Узухъда, гьебги гӏадахъ босула, гьелъул кӏварги буго. Дицаго диего гӏезегӏан кьварараб хӏукмуги къотӏула. Асар хъвалаго дун ургъула, гьаб халкъалъ киндай къабул гьабилеб, гьелдаса гьезие кинаб пайдадай щвелаян абун.\nРакӏалда буго цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Дица цо кечӏ битӏана газеталда бахъизе. Гьез жаваб бачӏана гьаб гӏемер рагьараб тема бугин, палхӏасил, дир кечӏ нахъ чӏвана. Гӏолохъанай дие гьеб цӏакъ захӏмалъана ва гьелдаса хадуб 11 соналъ цониги рагӏи хъвачӏо. Байбихьудаго дир асаразе кьварараб критика гьабун букӏарабани, ругьунлъунги йикӏинаан дун. Хадуб, дагьдагьккун бичӏчӏана хъвадарухъанасе критика чара гьечӏого хӏажатаб жо букӏин. Жакъа цӏакъ бокьула хъвараб жоги бичӏчӏулев, гьелъие ритӏухъаб къиматги кьун бажарулев чияс гьабураб критика.\n— Цӏияб асар бижизе ккани, щиб къваригӏунеб?\n— Магӏарулазул аби гьечӏищха «Рокьи ккарав кочӏохъан, керен бухӏарав магӏихъан», — ан. Кечӏ хъвазе ккани, узухъда, кинаб букӏаниги гӏилла букӏине ккола. Нилъерго гӏумруялда ккараб букӏаниги, чияр гӏумруялда жаниб лъугьараб букӏаниги лъугьабахъин рекӏелъан биччачӏони, асар лъугьунаро.\nХъвадарухъанасда лъала сверухъ кколебщинаб рекӏелъан биччачӏого бажарулареблъи. Гьев гьелде ругьунавги вукӏуна. Хъвадарухъаби рукӏуна цӏакъ ракӏ тӏеренал, гӏадамазул къварилъиялъ пашманлъулел, рохелалъ рохизарулел чагӏи. Чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго гӏадамасул гӏумруги гьелда жаниб лъугьунебщинабги бичӏчӏи, рекӏелъан биччазе бажари.\nХъвадарухъанасда лъала сверухъ кколебщинаб рекӏелъан биччачӏого бажарулареблъи. Гьев гьелде ругьунавги вукӏуна. Хъвадарухъаби рукӏуна цӏакъ ракӏ тӏеренал, гӏадамазул къварилъиялъ пашманлъулел, рохелалъ рохизарулел чагӏи. Чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго гӏадамасул гӏумруги гьелда жаниб лъугьунебщинабги бичӏчӏи, рекӏелъан биччазе бажари.\nДица керен чучула хъвадариялде. Дие бокьула, киналго кьижидал, дунго дирго пикрабаздеги машгъуллъун хъвадаризе. Кигӏан свакан йигониги, гьеб пишаялъ керен чучизабула.\n— Гӏезегӏан руго дур кучӏдул ахӏулел кочӏохъаби. Дуца хъварал рагӏаби жидеего ахӏизе санагӏатаб хӏалалъ хисизарурал хӏужаби кканищ?\n— Дир кучӏдул ахӏула Апанди Исмагӏилхӏажиевас, Шамил Ханакаевас, Руслан Имамирзаевас, Маржанат Гӏабдулаевалъ, жеги гьитӏинав, амма гьунар кӏудияв Сагӏид Имамирзаевас, ахӏулаан мунагьал чураяй Марижат Гӏабдулгӏазизовалъги.\nДир кучӏдуздехун гьединаб «адаб тей» гьабурал хӏужаби ккечӏо. Дица гьезда цебеккунго абула хъвараб хӏалалъ ахӏеян. Жакъа гӏемер рихьулел руго жубагъубарал, дораса-гьаниса чӏварал кучӏдулгун церерахъунел кочӏохъаби.\nХаллъулел руго цо-цо гьединал кучӏдул хъвалел «шагӏирзабиги».\n— Дуца лъугӏизабуна ДГПИ. Мугӏалимасул нух тӏаса бищизе рекӏее къабуллъичӏогойищ? Яги гьаб хъвадарухъанлъиялъул нухда хутӏиялдаса талихӏай йигищ мун?\n— Дун щуго соналъ хӏалтӏана Гъизилюрталъул школалда мугӏалимлъун. Амма ракӏалъ гьаб рахъалдехун цӏалей йикӏана. Хӏалтӏана «Вечерний Кизилюрт» газеталда, «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирлъун, «Чапар» газеталда — цин бетӏерай редакторлъун, хадуй — жавабияй секретарьлъун. Жакъа хӏалтӏулей йиго Хасавюрталъул магӏарул мацӏалда къватӏибе бачӏунеб «Насихӏат» газеталъул редакторлъун. Дие мугӏалимасул хӏалтӏиги цӏакъ бокьулаан.\nАмма рекӏел тӏиналда кидаго гьаб махщалихъ ккараб рокьи букӏунаан. Гьалъул къуват бергьанаха\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "17915-shamil-imamasul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=17915-shamil-imamasul-kag-tal", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2022-05-27 09:32:13", "categories": ["rel"], "text": "ГӏАНДИСА БАЙСУЛТӏАНИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ\nДунялалъул рокъов бусурбанасдаги капурасдаги гурхӏулев, ахираталъул рокъов хасго муъминчиясда гурхӏулев Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. Бетӏергьан, Дуца зулмуялде ккараздехун имамасул ракӏ тамах гьабе, гьесул рекӏелъе пакъирзабаздехун гурхӏел рехе. Гьаб буго пакъир, Аллагьасул рахӏматалде хьул лъолев Байсултӏанил рахъалдасан Аллагьас тушбабазул гарбал къотӏизе къуват кьеяв, Аллагьас жиндирго тӏасарищарал чагӏазда гъорлъ даим гьавеяв, кӏудияв Шамил имамасухъе гӏарза.\nЦинги. Дун чанги щвана дур тӏадегӏанаб нуцӏил кӏалтӏе, дида зулму гьабурал чагӏазул хӏакъалъулъ дуда бицине ва гьел гьерсихъабазул гьереси ва хӏилла-макру дие баян гьабизе гӏоло. Амма цогӏаги нухалъ дур бахьинаб нур бараб гьумер бихьизе дие рес ккечӏо. Гьанже дун, пакъир, хӏайранлъун вуго, дир ракӏги бекун буго. Дур гьумер бихьизе ресищ гьечӏеб тӏадегӏанал чагӏазда гурони абураб жоги ракӏалде ккун, ялъуни, дур хъаравулзабаз духъе рачӏарал пакъирзабазул гьумералде хӏур биччаян абун, амруйищ гьабун бугеб, вачӏанщинахъе дун нахъ чӏвазе ккани? Аллагьас Къуръаналда дов беццасул хӏакъалъулъ абураб кинигин: «Бечедасде ва рес-хӏалалда вугесде мунги вуссана…», — ян. Ялъуни шаргӏалъул низамалда гӏадамазул даражаби, бечелъи-мискинлъиялъул халгьабун, батӏи-батӏиялищ рукӏунел?\nВассалам.\nГӏАШИЛТӏАСА КЪУРБАНГӏАЛИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ\nКъурбангӏалил рахъалдасан хӏакъикъат цӏунулев, халкъалъул реццалъе мустахӏикъав, Аллагьас жив вугеб заманалда берцинаб хӏалалда таяв, Дагъистаналъул халкъалъул амир Шамилиде. Дуда Аллагьасул саламалги лъеги, Гьесул рахӏматалги дуда тӏаса унгеги.\nЦинги. Дулъ данделъараб гӏадиллъиялъ тӏалаб гьабула хӏакъикъат загьирлъизегӏан, дуца цониги чи чӏвазе хӏукму гьабунгутӏи ва, щибаб жоялъул мухӏканлъи лъазегӏан, мун сабруялда вукӏин.\nГьединлъидал мун гьей гӏаданалъул рагӏиялда, Аллагь рехсолел чагӏазда (ай зикруялъул агьлуялда) дандбан гурони, божуге. Хадубги, Гӏашилтӏа лъугьарал дол къваригӏел гьечӏел, къабихӏал пишаби, гьаб квешаб ишалдасаги къабихӏал ва чӏахӏиял руго. Кинниги гьез гьеб кӏудияблъун рикӏкӏунеб буго, гьезда гьеб иш рихараб букӏиналъ. Аллагьас нуж битӏараб нухде тӏоритӏаги, нуж пайда бугеб агьлулъунги гьареги. Амин.\nВассалам\nШАМИЛ ИМАМАС МУКРАКЬАЛЪУЛ ВА РИСГӏОРАЛЪУЛ БОЯЗУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал Мукракьалъул ва Рисгӏоралъул гӏалимзабазде, хасал ва гӏаммал чагӏазде, тӏолабго гьезул агьлуялде. Ассаламу гӏалайкум. Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал Мукракьалъул ва Рисгӏоралъул гӏалимзабазде, хасал ва гӏаммал чагӏазде, тӏолабго гьезул агьлуялде. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дихъе хабар бачӏана нилъер вац Даниялсултӏан жиндирго хъизан-кулпатгун цадахъ, кинабниги жиндирго буголъи-магӏишат босун, хӏатта эбелги цадахъ ячун, Ракьуса Гӏириб-хъалаялде гочун вугилан. Цо-цо чагӏаз дун гьев иналда щакдаризавулев вуго, гьев жиндирго аслияб ватӏаналде лъутизе къасдалда вугин абурал жалги рицун. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, гьениса нахъе ине гьесие нух кьогеян абун, нагагьлъун гьесул гьениса къватӏиве вахъине къасд ккани. Гьев унел нухазда нужеца мухӏканго, цӏакъ яхӏ бахъун, камилаб хӏалалъ хъаравуллъи ккве, гьев къватӏиве ворчӏичӏого вукӏине. Нагагьлъун нужеца гьел нухал цӏуничӏони ва гьеб иш мугьмалго, тӏаса-масаго тани, гьесие нухги кьуни, дир нужеде гӏайиб щвела ва гьединго Тӏадегӏанав Аллагьасул ццинги бахъина. Хадуб нужеца дида гӏайиб чӏваге, гӏицӏго нужедаго чӏвай. Цинги. Дихъе хабар бачӏана нилъер вац Даниялсултӏан жиндирго хъизан-кулпатгун цадахъ, кинабниги жиндирго буголъи-магӏишат босун, хӏатта эбелги цадахъ ячун, Ракьуса Гӏириб-хъалаялде гочун вугилан. Цо-цо чагӏаз дун гьев иналда щакдаризавулев вуго, гьев жиндирго аслияб ватӏаналде лъутизе къасдалда вугин абурал жалги рицун. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, гьениса нахъе ине гьесие нух кьогеян абун, нагагьлъун гьесул гьениса къватӏиве вахъине къасд ккани. Гьев унел нухазда нужеца мухӏканго, цӏакъ яхӏ бахъун, камилаб хӏалалъ хъаравуллъи ккве, гьев къватӏиве ворчӏичӏого вукӏине. Нагагьлъун нужеца гьел нухал цӏуничӏони ва гьеб иш мугьмалго, тӏаса-масаго тани, гьесие нухги кьуни, дир нужеде гӏайиб щвела ва гьединго Тӏадегӏанав Аллагьасул ццинги бахъина. Хадуб нужеца дида гӏайиб чӏваге, гӏицӏго нужедаго чӏвай.\nГьалдалъун тана. Вассалам. Рогьалил гӏуж, шамат къо, 1269 соналъул 9 мухӏаррам / 1852 соналъул 22 октябрь.\nКУРДАЗУЛ ШАЙИХ МУХӏАМАД АЛ-ХАНИЯС ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ\nГьаб дунялалъул рокъоб Жиндир гурхӏел-рахӏмат бусурбанасеги капурасеги гӏаммав, ахираталда Жиндир гурхӏел бусурбанасе хасав Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. (Бетӏергьан Аллагьасе) щукруги щибаб реццги буго Жинца битӏараб нухде тӏоритӏарав, лагъзадерил ракӏазул кирталги ричӏарав ва гьединго гьезул къадруги тӏадегӏан гьабурав, Жиндир махлукъаталда гьоркьоса гьелги тӏокӏ гьарурав ва гьездалъун битӏараб диналъе кверги бакъарав. Гьединго свалатгун саламги лъеги жинца Аллагьасул нухда хӏакъаб куцалда жигьад гьабурав нилъер сайид Мухӏаммадидаги, гьесул агьлуялдаги, асхӏабзабаздаги, гьезул лъималаздаги.\nПаналъарав, хӏакъирав Мухӏамад ал-Ханиясул ал-Халидиясул анНакъшубандиясул рекӏелъан кьолел саламал руго ва гьединго тахӏияталги руго сайгъатал гьарулел, камилаб рокьи ва берцинаб рекӏелгъей жидеца баян гьабулел. Гӏалимзабазул чӏухӏилъун вугев, тӏокӏал чагӏазул цевехъан кколев, бацӏцӏадаб диналъе квербакъи гьабулев, гӏодобегӏанаб, чорокаб бидгӏаги жинца тӏагӏине гьабулев, жиндалъун Тӏадегӏанав Аллагьас Дагъистаналъул ракьалда тӏагӏун рукӏарал исламалъулги тӏадегӏанаб суннаталъулги асарал чӏаго гьарурав, жиндир лебалаб хвалчадалъун бусурбабаздаса капурзабазул питнаги нахъ чӏварав, амирзабазулги амир, чӏахӏиял чагӏазулги бетӏер, жив тӏокӏав, тӏадегӏанав диналъул вац шайих Шамилиде. Аллагьас дудалъун Жиндир диналъе квербакъаяв ва къосарал чагӏазул квешлъиялдаса мунги цӏунаяв ва Жиндир рахъалдасан бетӏергьанас, боялги ритӏун, кумек гьабеяв, щайтӏаналдаса ва гьелъул макруялдасаги мун цӏунаяв ва, Жиндир нигӏматалги даим гьарун, Жинда аскӏов къабулавлъун гьавеяв, жиндир хӏатӏазда вараниялъ баарав аварагасул хӏурматалъе гӏоло.\nЦинги. Гьал рокьул мухъал хъваялъе сабаблъун ккараб жо буго, дун кидаго дур берцинал харбал рагӏилародаян, дур рацӏцӏадал тӏабигӏатал дихъе щвелародаян, дур гьалмагъзабазул щивниги вихьилародаян, валагьун чӏун вукӏин. Гьединго нужер хӏакъикъат нижеда лъазе, гьелдалъун нижги камилаб хӏалалъ рохизе рукӏине. Дие рокьулел чагӏазул харбал рагӏизе дица гӏемер хӏалбихьана, къасикъад чӏечӏого, гьелда хадув лъугьана ва гьел цӏехана. Тӏадегӏанав Бетӏергьанас къадар гьабун, дун данделъана дуца Чергесалъе витӏарав шайих Мухӏамадамин-пашагун Аллагьас жиб цӏунаяб бусурбабазул хункарасул тӏадегӏанаб ракьалда. Гьев вихьиялдалъун дие гӏорхъи гьечӏеб гӏатӏилъиги щвана, гьесдехун хитӏаб гьабиялдалъун ракӏги рагьана. Дур берцинал тӏабигӏаталги камилал пишабиги рехсон, исламалъе квербакъизе ва Аварагасул дин чӏаго гьабизе дур гъираялъул бицун, дие кутакаб шавкъги хӏасуллъана ва дур тӏадегӏанаб, берцинаб, камилаб гьумер бихьизе ва гьелда берчӏвазе гӏишкъуги цӏикӏкӏана.\nКинниги гьеб гьабсагӏаталда ккезе рес гьечӏеб, лъугьунареб жо букӏиналъги, нилъеда гьоркьоб кӏудияб манзил букӏиналъги, дица жигар бахъана, дуде бугеб рокьиги загьир гьабун, гьал мухъал хъвазе. Кагъат хъвайги рихьиялъул бащалъи гӏадаб жо кколелъул, дугӏа къабулаб гӏужалда ниж ракӏалдещвеялъе сабаблъунги букӏине, дуда ракӏалдаса ниж инчӏого рукӏиналъе гӏиллалъунги букӏине, дур хитӏабазулъ ниж рехсеялъе ва дур тӏадегӏанал кагътал дихъе щвеялъе сабаблъунги букӏине.\nДица тӏоцебе дидаго хадуб нужедаги амру гьабулеб буго балъгоги тӏатунги, хӏалкӏвараб куцалъ, Аллагьасукьа хӏинкъайилан, гьесул дин чӏаго гьабиялде кӏвар кьеян ва тӏадегӏанаб, рекӏел зикруялдаги даимлъеян абун. Гьеб зикру буго къиямасеб къоялде бищунго лъикӏаб нахърател. Гьединго дица, дудеги, дидегоги васият гьабулеб буго аварагасул тӏадегӏанаб суннат загьир гьабеян ва гӏодобегӏанаб бидгӏа тӏагӏине гьабеян. Дица Тӏадегӏанав Аллагьасда гьарулеб буго, гьеб ишалъулъ дуе квербакъи гьабеян. Хӏакълъунго Гьев хӏалкӏолев, кинабго ихтияр кодосев вуго. Гьединго дир хьул буго дуда нижги, балъгоги тӏатунги, дур дугӏаялъулъ рехсезе кӏочон теларин абун. Вассаламу гӏалайкум.\n1269 сон/1852 сон. Аллагьасде хӏажатав, хӏакъирав, нужее дугӏа гьабулев лагъ Мухӏамад ал-Хани ал-Халиди ан-Накъшубанди.\nШАМИЛ ИМАМАС НАИБ ГӏУМАРИХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац, наиб Гӏумарихъе. Ассаламу гӏалайкум. Цинги.\nГьаб кагъат босун вачӏарав нилъер вац Халид вуго унго-унгояв, вацӏцӏадав мугьажирги гьединго дунгун гӏелму-варагӏ цӏунарав чиги. Гьес дие гӏарз бахъана жиндирго гӏумру-магӏишаталъул язихълъиялда тӏасан. Гьединлъидал дуца гьесде гурхӏел-рахӏмуялъулаб бербалагьи гьабиги гьесие ва гьесул хъизаналъе гӏураб напакъат кьейги буго дир мурад. Дунялалъул рокъобги ахираталдаги Тӏадегӏанав Аллагь дудаса разилъиялъе сабаблъунги букӏина гьеб.\nГьалдалъун тана. Вассалам. Арбагӏ къо, 1269 соналъул 11 сапар / 1852 соналъул 23 ноябрь."}
{"slug": "18008-sulakh-al-nugil-i-gabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18008-sulakh-al-nugil-i-gabuna", "title": "Сулахъалъ нугӏлъи гьабуна", "date": "2022-06-02 07:47:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Сулахъалъ нугӏлъи гьабула» абураб М. Хуршиловасул романалда бицунеб буго Дагъистаналъул мискинзабаз цӏияб гӏумруялде тӏамулел галабазул хӏакъалъулъ. Жакъайин абуни Сулахъ гӏоралъ нугӏлъи гьабулеб буго цӏияб дунялалда гӏадамаз талихӏаб гӏумру гьабулеб букӏиналъе.\n1 июналда — лъимал цӏуниялъул тӏолгодунялалъулго халкъазда гьоркьосеб къоялъ — «Главрыба» абулеб Басрияб Миякьо росдада аскӏоб бугеб бакӏалда, республикаялъул бетӏер Сергей Меликовасул гӏахьаллъигун, рагьана дагъистанияз ва республикаялде рачӏунел туристаз хӏухьбахъи гьабулеб комплекс.\nСулахъ гӏурул рагӏалда бугеб свериялда, Россиялъул Пачалихъ- ияб Думаялъул депутат Хӏажиев Гӏабдулхӏакимил хӏаракаталдалъун гӏуцӏун буго, лъималазе ва чӏахӏиязе хӏухьбахъиялъе киналго шартӏал ругеб, комплекс. Батӏи-батӏиял рухӏчӏаголъаби жанир ругеб зоопаркалдаса байбихьун, гӏуруда тӏасан лъураб, нохъабазде унеб кьоялде гӏунтӏун, камураб берцинлъи гьечӏо гьениб. Гьеб бакӏалда аскӏобго буго гӏурусазул хъвадарухъан Лев Толстоясул «Кавказалъул асир» абураб асаралъул аслиял героял Жилин ва Костылин гвандинир тӏамун рукӏараб Миякьо росуги. Гьединго гьенисан бихьула Михаил Пришвиница хъвараб Чир-Юрталъул сангарги. «Главрыбаялда» ран руго гьалбадерие цӏулал рукъзал, руго гьенирго ччугӏа гӏезабулел хӏорал. Хасаб берцинлъи кьола гӏурул кӏиябго рахъалда ругел нохъаз.\nГьенирго руго нилъее бокьараб тӏагӏамаб квен хӏадур гьабулел аш- базал, ресторан ва кафеял, гьединго лъаралгун фонтаналги. Сулахъ гӏоралъ гьеб киналдаго гӏажаибаб нурги базабула.\nДанделъиялда гӏахьаллъи гьабурал республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша Гӏумахановас, Нурбахӏанд Нурбахӏандовас, Алла Поляковалъ кӏудияб къимат кьуна лъимал цӏуниялъул къоялда бан гӏуцӏараб гӏатӏидаб тадбиралъе ва республикаялда туристазе чӏезарун ругел шартӏазе.\nЗ. Ильясов"}
{"slug": "18009-urg-el-bikizegi-k-varigiun-rugo-giadamal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18009-urg-el-bikizegi-k-varigiun-rugo-giadamal", "title": "«Ургъел бикьизеги къваригӏун руго гӏадамал»", "date": "2022-06-02 07:51:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "31 маялда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда «Молодая гвардиялъул» вакилзаби Гӏумар Багъиновасги Мухӏамад Мухӏамадовасги бицана гьанжегӏагар Мариуполь шагьаралда жидеца гьабураб волонтёрлъиялъул хӏакъалъулъ.\nГьездаго цадахъ гьениве вачӏун вукӏана «Молодая гвардиялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Сергей Никитинги.\nДагъистаналдаса цоги волонтёр, Рамазан Гетаев, гьал къоязда доваса тӏадвуссун вачӏине вугиланги бицана Никитиница.\nГьезул гӏуцӏиялъги «Волонтёрское братствоялъги» Донбассалде волонтёрал ритӏулел руго 30 марталдаса байбихьун. Гьедин улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса гӏолохъаби гьенире унел руго щибаб итни къоялъ. 30 марталдаса нахъе гьанжелъагӏан нилъер улкаялдаса 500 волонтёр хӏалтӏун вуго дова.\nГьединго рагъ ккаралъуса лъутарал гӏадамал ралагьизелъун 4 апрелалда www.poisk-mariupol. ru абун сайтги хӏалтӏизе биччана «Молодая гвардиялъ». Гьелдаса нахъе кӏиазаргониги чи валагьун вуго гьез. Жидер гӏагарал ралагьеян 11 азарго гӏарзаги бачӏун буго гьеб сайталде.\nДонбассалде ине бокьаразе доба бугеб хӏинкъиялъулги, цӏодорлъи гьабизе ккеялъулги хӏакъалъулъ бицун, цин бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏиги гьабулеб буго гьез. Къварилъи ккаразе медицинаялъул, психологазул ва цогидаб кумек кин гьабизе кколебали малъулеб буго хасаб централда.\nСергей Никитинил рагӏабазда рекъон, волонтёраллъун Донбассалде ине бокьарал гӏолохъаби, хасго студентал, гӏемер руго нилъер республикаялда. Амма сессиялъул заман тӏаде щолеб букӏиналъ дагьалъ чӏезе кколел руго гьел.\nМариуполалдаги гьелда гӏагарлъухъги гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго 200 волонтёр. Гуманитарияб кумекалъе бачӏараб квен-тӏех, ретӏел-хьит, дараби рикьизего гӏадин, «Скорая помощалъул» машинаялда медицинаялъул кумек гьабизеги унел руго гьел. Масала, гьедин унев вукӏун вуго Гӏумар Багъиновги.\nГьевги Мухӏамадги, цогидал волонтёралго гӏадин, рега-рахъун цин школалда, цинги чадразда жанир рукӏун руго. Аскӏобго гӏадин къойилго рагӏулеб кьвагьагӏанхъиги букӏун буго.\n«Азов-сталь» заводалдаса 30- 40 километралъ рикӏкӏад букӏана нижер чӏей. Я лъим, яги цогидаб санагӏалъи гьечӏого, цӏакъ захӏмат букӏана гьениб, школалда. Гьелъул цояб тӏалаялда ниж, цогидалда – рагъулал хъулухъчагӏи рукӏунаан нижги цӏунун. Гьединго гуманитарияб кумек бикьулеб пунктги букӏана гьениб рагьун.\nНижеца цин хъвай-хъвагӏай гьабулаан гьеб кумек хӏажалъун рачӏарал гӏадамазул. Хадуб бикьулаан гьеб. Тӏоцебе кьолаан херал чагӏазеги гӏисинал лъималгун рачӏаразеги. Амма бикьулеб жо цӏикӏкӏун щвезе къваригӏун, жидерго лъимал хӏисабалда чиярал рачунги рачӏунаан цо-цоял. Гьединлъидал нижеца лъимал гьариялъул хӏакъалъулъ хъвараб свидетельство тӏалаб гьабулаан гьездаса. Цо нухалъ вачӏана гӏолохъанав вас, жив микьго лъимадул эмен вугиланги абун. Амма тӏаде балагьун гьелгощинал лъимал гьаризегӏан сонал рарав чи вукӏинчӏо гьев. Цоги нухалъ бихьана кумекалда хадув вачӏарав гӏолохъанчиясул квералда рахъ- арал нацистазул гӏаламатал. Гӏадатиял гӏадамазул ххвелалда вачӏарав нацист ватилилан, ниже- ца гьесул хӏакъалъулъ рагъулал хъулухъчагӏазда лъазабуна. Бо- кьараб жо ккезе рес букӏиндалха гьениб. Нижеда цеве цо волонтёр викъизецин хӏалбихьун букӏана доз», — ин бицана Гӏумарица.\nПодвалахъ яги дора-гьанир рахчун, хадур къватӏире рахъарал бакӏалъул гӏадамазул бербалагьи жидедехун лъикӏаб букӏаниланги бицана Гӏ. Багъиновас.\nВолонтёразда тӏад ретӏарал хъахӏилал яги багӏарал футболка- би рихьидал, аскӏоре рачӏунаанила гьел.\n— Квен-тӏех яги цогидаб къайицӏа гуребги, гӏицӏго кӏалъазе къваригӏунгицин рукӏунаан гӏадамал. Гӏемер бицине кколаан гьел гӏодоре риччазарулеб хабар. Гьединго сах гьаричӏого тарал ругънал гангренаялде сверарал хӏужабиги рукӏана гьенир. Хасго херал гӏадамал рукӏана цӏакъ пашманго гьанже бох-гъеж къотӏун хадуб, жидер тӏалаб лъицадайила гьабилаян. Тӏадежоялъе гьезул гӏемерисел рукӏана лъималаз рехун тарал херал эбел-эмен, — илан ракӏалде щвезабуна Багъиновас.\nМинабиги риххун, къватӏир хутӏарал гӏадамал жидехъего рачун хьихьулел рукӏиналъул бицана Мухӏамад Мухӏамадовас:\n«Цо гӏадан ячӏун йикӏана нижер пункталде хъвай-хъвагӏай гьабизе. Гьелъухъ букӏана щуго-анлъго батӏияв чиясул паспортги. Жидеца гьел жидехъего рачун ругин абуна гьелъ.\nГьеб бакӏалдаса гочун ине бокьарал чагӏазеги кумек гьабулаан нижеца. Къойилго 70-80 чи рекӏинавун автобусаздагун, фильтрациялде вачун унаан. Хадур гьезие бокьараб бакӏалде ритӏулаан – яги Россиялде, яги Украинаялъул регионазде».\nВолонтёраз доба лъималазе рекӏелгъеялъул тадбиралги тӏоритӏун ругоан. Масала, цо нухалда шарикалги рухьун, кепихтилаталда рукӏаго, цо шарик кьвагьун буго. Гьеб мехалда лъимал рачӏинахъего ракьалда регун чӏун руго гьеб кьвагьараб жо гумпарайиланги ккун.\nГӏумар Багъинов ккола политехникияб колледжалъул преподатель. Волонтёрлъун Донбассалде ине бокьилищан гьикъидал, отпускги босун, ун вуго Гӏумар дове. Гьанже цӏидасан инеги ракӏалда буго. Жиндие гьадинги рагъулаб хъулухъ тӏаса бищизе бокьун букӏанилан абуна Гӏумарица.\nМухӏамад Мухӏамадовги ккола гьебго политехникияб колледжалъул студентги, Багъиновго гӏадин, «Молодая гвардиялъул» активистги. Донбассалде ине живго нахъе къачӏониги, рокъосезе цин лъикӏ хабар бицине ккун буго гьес. Цин Мухӏамадица гьел хӏадур гьарун руго жив гӏорхъода вукӏине вугин, хадуб абун буго рагъ-кьал гьечӏеб бакӏалда вукӏине вугилан."}
{"slug": "18010-kutum-kin-giemerl-izabileb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18010-kutum-kin-giemerl-izabileb", "title": "Кутум кин гӏемерлъизабилеб?", "date": "2022-06-02 07:53:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "31 маялда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана Каспи ралъдалъ кутум-ччугӏа гӏемерлъиялъе кинал ресал ратилелали бицунеб данделъи.\nЧчугӏил магӏишаталъул рахъалъ гӏуцӏараб комитеталъул нухмалъулев Виктор Руденкол рагӏабазда рекъон, гьелъул къадар лъалаго дагьлъана 1990- 2000 соназда цере ккара-ккарал чагӏаз электроудочкабаздалъун ччугӏаги ккун. Ахираб 10-15 соналда жаниб абуни ис- кусственнияб куцалда гӏезабизе лъугьиналъ кутумалъул къадар дагьабго цӏикӏкӏана. Букӏаниги, промышленность цебетӏеялъул мурадалда эркенго ралъ- далъа гьеб кквезе гьабсагӏаталда гьукъи- зе ккелин абураб пикруги загьир гьабуна данделъиялда."}
{"slug": "18011-bizneschagiaze-mikrozajmalgi-grantalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18011-bizneschagiaze-mikrozajmalgi-grantalgi", "title": "Бизнесчагӏазе – микрозаймалги гранталги", "date": "2022-06-02 07:58:19", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул предпринимательлъиялъул къоялда бан, 26 маялда республикаялъул журналисталгун дандчӏвана предпринимателазе кумекалъе гӏуцӏараб Централъул директор Гӏиса Мигитинов.\nГьесул рагӏабазда рекъон, гъоркьиса гьез бизнесчагӏазе ичӏазаргогӏанасеб хъулухъ гьабун буго.\nАслияб куцалда даранчагӏазе кумек гьабулеб буго гӏарцул рахъалъ. Кризисалда дандечӏеялъул мурадалда лъагӏалие лъабго процентги гъоркь ккун, микрозаймалги кьолел руго централъ даранбазаралда ругел чагӏазе: жалго жидедаго чӏун магӏишат гьабулезе (самозанятые) – бащдаб миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ, гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул чагӏазе – щуго млн гъурущ.\nАхираб заманалда нилъер ракьцояз байбихьун буго «Ozon», «Wildberries» сайтаздасан жидерго къайи бичизеги.\nГьединго 25 соналде щвезегӏан ригь бугев бизнесменасе грантал (100-500 азарго гъурущ) кьезеги байбихьун буго. Амма гьелъие цо шартӏги буго – гьеб щвезе бокьараз лъугӏизаризе ккола бизнесалъул кьучӏал лъаялъе гӏоло централъ гӏуцӏарал курсал. Гьанжеялдего гьенив цӏалун вуго 200-ниги чи."}
{"slug": "18013-natoyal-ul-khiak-ik-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18013-natoyal-ul-khiak-ik-at", "title": "НАТОялъул хӏакъикъат", "date": "2022-06-02 07:59:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда «Россия — моя история» музеялда республикаялъул журналистазда бихьизабуна «НАТО. Хроника жестокости» абураб выставка.\nСССРалда дандечӏезелъун гӏуцӏун букӏараб гьеб блокалъул хӏакъикъат цебе чӏезабулел сураталги, тарихиял документалги, видеоги руго.\nМузеялъул хӏалтӏухъабаз бицухъе, дагьалъ цебе гӏуцӏараб гьеб выстав каялъухъ балагьизе вачӏун вуго кӏиазарго гӏанасев чи.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "18014-shchibab-gokhida-duda-vatila-shamil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18014-shchibab-gokhida-duda-vatila-shamil", "title": "Щибаб гохӏда дуда ватила Шамил", "date": "2022-06-02 08:04:28", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "1 июналда, имам Шамилил цӏар лъураб къотӏноб, «Ахӏулгохӏ» абураб жамгӏияб цолъиялъ тӏобитӏана имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда баннер седеялъул тадбир.\nГьелда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диналъул ишазул рахъалъ ми- нистерствоялъул, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул, Динияб идараялъул ва жамгӏиялгун гӏолилазул гӏуцӏабазул вакилзабаз.\n— Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялда хурхун тадбирал тӏоритӏизе руго исана, — ян бицана «Ахӏулгохӏ» гӏуцӏиялъул нух- малъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас.\n— Гьале жакъа, имамасул цӏар лъураб къотӏноб, чӏвана баннер. Амма цохӏо гьеб сурат къадада чӏвай гуро нижер аслияб мурад. Мурад буго Шамил имамасул тарихги, гьесул цӏарги, бахӏарчиял ишалги наслабазда лъай."}
{"slug": "18015-besdalazegi-gimana-bak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18015-besdalazegi-gimana-bak", "title": "Бесдалазеги гьимана бакъ", "date": "2022-06-02 08:06:33", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб июналда, халкъазда гьоркьосеб лъимал цӏуниялъул къоялда, «Муслимат» руччабазул диниябгун жамгӏияб гӏуцӏиялда бесдал лъималазе рохалилаб байрам тӏобитӏана. «Муслиматалда» цебе рагьараб «Аманат» школалъул цӏалдохъабаз байрамалде рачӏарал лъималазе ва гьезул улбузе рикӏкӏана кучӏдул, ахӏана нашидал. «Аманаталъул» цӏалдохъабаз бихьизабуна Къуръан цӏализе бугеб гьунарги.\nЛъималазе цӏакъго рекӏее гӏуна диналда хурхарал бицанкӏаби ва гьел чӏваразе кьуна сайгъаталги. Лъималазда байрам баркизе «Муслиматалде» гьоболлъухъ вачӏун вукӏана ДРялъул пачалихъияв секретарь Мухӏамадсултан Мухӏамадовги.\nТадбиралъул аслияб мурадлъун букӏана бесдал лъималазул ракӏал рохизари, гьезда исламалъул берцинлъи бихьизаби. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) лъималазул ихтиярал цӏуниялъул, гьезие лъикӏаб тарбия кьеялдалъун эбел-инсуе щвезе бугеб даражаялъул бицунел хӏадисалги рехсана.\n«Муслимат» гӏуцӏиялъул председатель Хадижат Шихгӏалиевалъ гьеб тадбиралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана:\n— Жакъа гьанир данделъун руго тӏубарал гурел хъизамаздаса улбул ва лъимал. Гьединал хъизамаздаса лъималазе улбуз гьабулеб буго эменлъиги эбеллъиги. Гьезухъа бажарулеб буго лъимал чияде ккечӏого гӏезаризеги, гьезие лъай кьезеги, рукъалде руссинаризеги. Сахлъи ва сабур кьеги гьединал улбузе. Жакъа гьединал хъизамазда кӏвар бугеб жолъун ккола лъикӏаб тарбия кьей.\nНужеца гьезие росулел расанкӏабиги, ралел минабиги, бечелъиги гьадингояб жо буго гьезие лъикӏаб тарбия кьечӏони.\nЖакъа буго риидалил цӏалул тӏоцебесеб къо. Нижер гьанире Къуръан цӏализе ва диналъул аслаби малъизе къабул гьарула ункъо сон баралдаса нахъе руччаби. «Аманат» лъималазул рухӏияб централде ункъо сон баралдаса анкьго сон базегӏан лъимал къабул гьарула, — ян бицана гьелъ."}
{"slug": "18017-rochchob-majdanalda-chuyazul-khiikhiij", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18017-rochchob-majdanalda-chuyazul-khiikhiij", "title": "«Роччоб» майданалда чуязул хӏихӏий", "date": "2022-06-02 08:08:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "28 маялда Гумбет районалъул Килалъ росулъ тӏобитӏана рес публикаялъулаб даражаялда чуял тӏамиялъул фестиваль. Килдерил росдада цебе «Роччоб» майданалда «Шамил имамасул хъала» абун цӏар кьураб гьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна мадугьалихъ респу- бликаялдасаги малъун, 40 чотӏахъанас.\nКилалъ росулъ гъоркьисаги тӏобитӏун букӏана гьединабго тад- бир. Амма исанасеб фестивалалъул даража бергьун кӏудияб букӏана.\nЦохӏо чотӏахъаби гурелги, гӏемерал гьалбалги рачӏун рукӏана гьенире. Районалъул нухмалъулев Гъалип Гъалиповас баркала кьуна фестивалалде рачӏарал гьалбадерие ва мадугьалихъ республикаялдаса рачӏарал чотӏахъабазе.\nТадбир нухда бачана «Гумбет» районалъул информациялъулаб бутӏаялъул нухмалъулев, РФялъул Журналистазул ва Хъвадарахъабузул союзазул гӏахьалчи Хӏамзат Гӏизудиновас.\nТӏоцебесеб къецалда, лъабго свериялда бекерун бергьана Цӏиликьа бекерухъан «Малыш» абураб барти. Кӏиабилеб бакӏ щвана Камил Хӏасановасул «Буртунай» абун цӏар бугеб айгъиралъе. Лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Мухӏамад Мухӏамадовасул «Зорро».\nЩуго свери нахъа тезе кколел къецазда тӏоцебесеб бакӏ щвана Мухӏамадхӏабиб Къабуловасул «Акбар» чодуе. Кӏиабилеб бакӏ ккуна Мухӏамад Исрапиловасул «Гӏусмания» айгъиралъе, лъабабилеб бакӏалде бачӏана Мухӏамад Сиражудиновасул «Гӏоротӏа» бекерухъан.\nХӏалуцарал къецал рукӏана фестивалалъул бищун халатаб манзил, ай 11 километралъул халалъиялда рекерулел чуязда гьоркьоб. Гьениб тӏоцебесеб бакӏги щун, бергьана Чачан республикаялъул Беноялдаса Мухӏамад Уцумиевасул «Сонк» бартичу, кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Ахӏмад Мухӏамадовасул «Ирхат» айгъир, лъабабилеб бакӏ щвана Ансалтӏаса Шарапудин Къурбановасул чодуе.\nБищун аваданал къецал рукӏана хӏамул рекеризе риччаялъул рахъалъ. Килалъа Мухӏамад Шейхулисламовасул «Мустанг» абураб бихьинхӏамица исана данде базе течӏо цониги гӏундул халатаб жиндирго гьалмагъ.\nГьединго къецал рукӏана рекерухъабазда гьоркьорги.\nГьалбадерие хӏадурун букӏана магӏарул миллияб квен-тӏехалъул тепсиги. «Роччоб майданалда журналистазе пресс-турги букӏана хӏадурун «Гумбет» РИОялъул нухмалъиялъ.\nГьединабго тадбир дагьал церегӏан къоязда тӏобитӏун букӏана Болъихъ районалъул Рахатӏаги.\nАхирал соназда республикаялда цӏакъ машгьурлъун буго чуяздехун гьабулеб бербалагьи. Лъикӏалъикӏал багьабиги кьун росулел руго гӏолохъабаз гьел. Хӏатта цоцояз кӏи-кӏи, лъаб-лъабцин.\nКӏиго соналъ цебе нилъер республикаялда цӏи гьабун гӏуцӏана чуязул спорталъул рахъалъ федерацияги. Гьелъул нухмалъулев Зубай Мухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб буго гӏадамазул чуяздехун бугеб интерес.\n— Араб кӏиябго соналда жаниб чотӏахъабазул щуго клуб гӏуцӏана нижеца республикаялда. Гьоркьоса къотӏичӏого тӏоритӏула батӏибатӏиял къецалги. Нилъер умумузул заманалда чу кидаго букӏана чара гьечӏо хӏажатаблъун. Рагьтӏа чуги, магӏида ярагъги кидаго букӏана умумузул. Цо заманалда гьоркьобкъотӏи ккун гьелдехун гӏадамазул гъира-шавкъ дагьлъун букӏанин абизе бегьула. Букӏун батила гьелъие гӏиллаги. Цӏияб заманалда, цо-цо цебе гӏадатлъун букӏараб жо дагьаб нахъе цулеб къагӏида бугелъул. Гьанже цӏилъун бачӏана гӏадамазул чуяздехун бугеб рокьи, — ян бицана З. Мухӏамадовас.\nГьединго щибаб соналъ гӏадин чотӏахъабазул сапар абун, магӏарулазул тарихиял бакӏазде щола нилъер гӏолохъаби. Тӏадмагӏарухъ ругелщинал чотӏахъабиги данде гьарун, гьеб сапаралъул аслияв цевехъанлъун вугин абизе бегьула гӏолилазул жамгӏияв хӏаракатчи Кӏуядаса Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиев.\nМисалалъе, Надир-шагьасда тӏад магӏарулаз бергьенлъи босараб, Сугъралъ росдада аскӏоб бугеб, Хицӏиб магъилъ бараб «Ватӏан» мемориалияб комплексалде щола гьел. Гьединго сапар гьабула Ахӏулгохӏде, Гьоор-Хьиндахъе, Къелебе ва Гьидалъ мухъалде, Къаралазулгун Кьесеразул росабалъе."}
{"slug": "18018-giiyakh-abazul-khiarakatal-ul-khiasil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18018-giiyakh-abazul-khiarakatal-ul-khiasil", "title": "Гӏияхъабазул хӏаракаталъул хӏасил", "date": "2022-06-02 08:10:15", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Волгоградалда тӏобитӏана тайпадулаб гӏи-цӏцӏаназул рахъалъ Тӏолго россиялъул выставка. Гьениб ни лъер республикаялдаса гӏияхъабазе щвана бищун гӏемерал шапакъаталги: 11 меседил, 9 гӏарцул ва 6 мазгарул медалал.\nБечедаб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Гъуниб, Гумбет, Рутул, Буйнакск, Казбек ва Ахти районаздаса 15 батӏияб гӏи-цӏцӏани гӏезабулел магӏишатаз. Бищун гӏемер шапакъатал щвана «Сугъралъ» агрофирмаялъе ва Гумбет районалъул Цӏиликьа «Чед» абураб КФХялъе.\nЦӏиликьа гӏияхъабазул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицун букӏана. Кӏудияб хӏаракаталда жидерго магӏишат цебетӏезабулел чагӏи руго гьел. Мисалалъе, гьабсагӏаталда гьел тӏаделъун руго «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гӏи гӏезабиялде."}
{"slug": "18019-giiyakh-abazul-khiarakatal-ul-khiasil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18019-giiyakh-abazul-khiarakatal-ul-khiasil", "title": "Гӏияхъабазул хӏаракаталъул хӏасил", "date": "2022-06-02 08:10:15", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Волгоградалда тӏобитӏана тайпадулаб гӏи-цӏцӏаназул рахъалъ Тӏолго россиялъул выставка. Гьениб ни лъер республикаялдаса гӏияхъабазе щвана бищун гӏемерал шапакъаталги: 11 меседил, 9 гӏарцул ва 6 мазгарул медалал.\nБечедаб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Гъуниб, Гумбет, Рутул, Буйнакск, Казбек ва Ахти районаздаса 15 батӏияб гӏи-цӏцӏани гӏезабулел магӏишатаз. Бищун гӏемер шапакъатал щвана «Сугъралъ» агрофирмаялъе ва Гумбет районалъул Цӏиликьа «Чед» абураб КФХялъе.\nЦӏиликьа гӏияхъабазул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицун букӏана. Кӏудияб хӏаракаталда жидерго магӏишат цебетӏезабулел чагӏи руго гьел. Мисалалъе, гьабсагӏаталда гьел тӏаделъун руго «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гӏи гӏезабиялде."}
{"slug": "18020-tsiiyab-ganal-kombinat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18020-tsiiyab-ganal-kombinat", "title": "Цӏияб гьанал комбинат", "date": "2022-06-02 08:14:22", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда базе буго «Дагмясо» абураб цӏияб гьанал комбинат.\nДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул хасаб бербалагьиялда гъоркь, «Дагагролизинг» АОгун цадахъ рагӏалде бахъинабулеб цӏияб проект ккола гьеб.\nГьанал комбинат базе тӏаса бищун буго Гъизилюрт районалъул Кӏулзеб росдал ракь. Гьеб базе гӏарац биччазе буго республикаялъул бюджеталдаса, гьединго инвесторалги ахӏизе руго хӏалае.\n«Дагмясо» абураб жиндирго хасаб брендгун комбинаталда къватӏибе биччазе буго цӏорозабураб ва цӏер къараб гӏиял ва чӏегӏербоцӏул гьан, хӏадур гьаризе руго цӏурабакьал, гьанал консер- вал, хӏатта кутузегун гьабзазе ха- саб квенцин. Гьединго комбина- талда букӏине буго гӏиял ва боцӏул цӏоко-къехь къачӏалеб хасаб цехги. Къокъго абуни, бечедаб, кинабго рахъалъ цебетӏураб гьанал комби- нат базе ракӏалда буго."}
{"slug": "18027-bezhtia-avaragasul-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18027-bezhtia-avaragasul-asaral", "title": "Бежтӏа – Аварагасул асарал", "date": "2022-06-02 13:31:07", "categories": ["history"], "text": "28-31 маялда свалат-салам лъеяв Аварагасул асарал рачӏун рукӏана Бежтӏа росулъе. Кинабниги букӏана 26 асар. Мухӏаммад аварагасул яс Патӏиматил кверзул гьобоги, Халид-асхӏабасул къолденги, Билаласхӏабасул парччиги, аварагасулги Шамил имамасул заманалъулги хвалчаби ва цогидалги алатал. Гьездаго гьоркьоб букӏана Мухӏаммад аварагасул ботӏрол расги.\nРеспубликаялъул нухмалъиялъулги хӏакимзабазулги хӏетӏе къанагӏатги чӏолареб бежтӏадерил ракьалда рещтӏана Аварагасул асарал – гьелдаса кӏудияб даражаги рохелги букӏунебго батиларо… Гьединаб пикругун къабул гьабуна Бежтӏа участокалъул росабазул жамагӏатаз гьеб тадбир. Аварагасул асарал церелъезе хӏадурана дагьалъ цебе бараб Спорталъул кӏалгӏа. Кӏигониги анкьалъ цебе байбихьана хириял асаралгун дандчӏваялде хӏадурлъизе. Сверухълъиялда рацӏцӏалъи гьаби гуребги, чӏагоял тӏугьдулги сокӏкӏун хӏадурана хириял калимаби хъварал игӏланал. Спорталъул кӏалгӏаялда хьолбохъ бана тӏадхъел бугеб халатаб жанахӏ — тӏаде рачӏарал гьалбадерие санагӏатаб бокӏон. Росулъе вачӏарав щивав чи кваназавизе къачӏана богорукъ. ННТялъул мухбирас бицухъе, бежтӏадерица кваназавуна 15 азарго гьобол.\nАварагасул асарал рихьизе рачӏунел гӏадамал гӏемерлъун, росдал дибирас бежтӏадерида гьарана цин гьалбадерие рес кьейилан абун. Цӏунтӏасагун Лъаратӏаса, Цӏумадасагун Унсоколоса, Хьаргабисагун Хунзахъа, Шамил, Гӏахьвахъ, Болъихъ районаздаса, ай киналниги районаздаса гьалбал къабул гьаруна бежтӏадерица. Асаразухъ балагьизе рачӏаразе рес щвана гьенир гӏуцӏарал цогидал тадбираздаги гӏахьаллъизе. «Щивав бусурбанчиясе хириял гьал асаразухъе зиярат гьабулел гӏадамал пикрабаз рачуна нилъер аварагасги асхӏабзабазги гӏумру гьабулеб букӏараб заманалде. Жакъасеб халкъалъул гӏумру дозул гӏумругун дандекквезе тӏамула, гьезда релълъине таваккал тӏамизабула, ракӏ гьесизабула баракатаб гӏумру гьабизе. Гьадинал тадбираз гъункизарула республикаялъул батӏи-батӏиял бакӏазда гӏумру гьабулел бусурбаби. Аслияб мурад – нилъ киналго цолъи ва ракьалда парахатаб ракълилаб гӏумру букӏин», — ан бицана Мугӏрузулаб территориалияб округалда вугев муфтияталъул вакил Казим Темирбулатовас.\nБежтӏа участокалъул бетӏер Хӏусен Хӏайбулаевас баркала кьуна муфтияталъеги шайих Ахӏмад-апандиеги гьединаб лъикӏаб ва пайдаяб тадбир гӏуцӏизе рес батаралъухъ.\n«Шукру Аллагьасе, Алхӏамдулиллагь, жакъа бихьулеб буго моцӏ гӏанасеб заманалъ гьабураб хӏадурлъиялъул хӏасил. Дида ккола, дун макьилъ вугилан – киналго макьилъ ратила. Амма гьеб макьидаса рорчӏизего бокьилароан нижее. Гьадинаб мажлис киданиги букӏинчӏо росулъ. Аллагьас киназего сахлъи кьеги, иманалъ ракӏал къалъизареги, ахираталда батулеб гӏамалалъе тавпикъ кьеги», — ян гьарана росдал кӏудияб мажгиталъул имам Мурад Хӏажимурадовас.\n28 маялдаса нахъе, телефоналдаса цоцазухъе ритӏун, росулъе рачӏине рес ккечӏел бежтӏадериеги гӏахьал гьабуна гьеб багьа къиматаб байрам. Рехселин аварагасул асаразухъе зиярат гьабизе рес щварал талихӏал бусурбабазул цо-цо пикраби.\n«Кутакалда рази йиго хириял асарал рихьизе рес щвеялдаса. Гьезухъ балагьизе сонги жакъаги ячӏана дун, метерги ячӏина – Аварагасде гӏащикълъун йиго! Киназего сахлъи кьеги, ракӏалда ругел мурадал тӏураги», — ян рохел загьир гьабуна Хашархотӏаса Гӏисакъова Патӏиматица.\n«Дун ккола Бежтӏаса, гӏумру гьабун вуго Махӏачхъалаялда. Аварагасул асарал эхеде щвезарулеб къокъаялда гъорлъ вукӏана дунги. Нухда нижеда дандчӏвазе рахъана магӏарул киналго районазул жамагӏатал. Шагьранухда тӏамун халичабигун, Аварагасде свалат битӏулаго, машинабазда тӏаде тӏугьдул ралаго, нухарегӏана гьез нижер къокъа. Гьеб буго нилъер аварагасул адаб гьабиги бусурбабазул цолъиги. Гьелъ дир ракӏалъе гьабураб асар загьир гьабизе рагӏабицин ратуларо.\nНижер росдал тарихалда меседил хатӏалъ хъван хутӏулеб ва жамагӏаталъе кӏудияб кӏвар гьабураб, гьеб гъункизабураб, гӏадамазул ракӏал гвангъизарураб тадбир буго гьаб. Кӏудияб баркала буго ДРялъул муфтияталъе, Аварагасул асаралгун нижехъе рачӏаразе, гьезул адаб загьир гьабун, Бежтӏе щварал цогидал районазулгун росабазул жамагӏатазе. Аллагьас нуж кӏодо гьареги!» — ян бицана Пахрудинов Рамазаница.\n«Гьайбатаб лъугьа-бахъин, ма ша Аллагь! Нижее гьадинаб кӏочонареб асар сайгъат гьабуралъухъ киназего баркала! Аллагьас рази гьареги, хъизан-рукъалдаса рохун таги!» — ян гьара-рахьи гьабуна Хӏабсат Ражабовалъ.\n«Рецц буго Аллагьасе, баркала гьаб тадбир гӏуцӏаразе! Жакъа хваниги ургъел гьечӏо. Бежтӏадерие гьаб рохел бачӏарал киналго Аллагьасги рохизареги. Нижеда киданиги ракӏалда букӏинчӏо гьадигӏан кӏудияб талихӏ бихьилин абун», — ин бицана Патӏимат Гӏарадаховалъ.\nБежтӏа ункъо къо бана хириял асараз.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "18028-gielmu-l-aj-bortsunel-k-etsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18028-gielmu-l-aj-bortsunel-k-etsal", "title": "Гӏелму-лъай борцунел къецал", "date": "2022-06-02 13:33:08", "categories": ["history"], "text": "Гӏолохъанал гӏалимзабазул ва хӏафизазул иргадулал къецал тӏоритӏана Хасавюрт шагьаралъул Сагӏидбег Даитовасул цӏаралда бугеб исламияб университеталда. Гьезда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса исламиял цӏалул идарабазул тӏалибаз. Кидаго гӏадин, исанаги къецал тӏоритӏана лъабго бутӏаялдеги бикьун: исламияб гӏелмуялъул (фикъгьи), Къуръан рекӏехъе цӏалиялъул (хӏифз) ва битӏун как баялъул.\nКъецазда гӏахьаллъи гьабуна 270 гӏолилас.\nКъецазул ахирисеб къоялъ гьениве вачӏана шагьаралъул бетӏер Коргъоли Коргъолиев, хӏурматияв гьобол хӏисабалда гьениб гӏахьаллъи гьабуна Казбек районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаевас.\nШагьаралъул бетӏерасул цӏаралдасан кӏалъазе вахъарав шагьаралъул администрациялъул бетӏерасул заместитель Ражаб Генжаевас абуна жал рохарал ругила гьадинал къецал нилъер шагьаралда тӏоритӏулел рукӏиналдаса. Гьелъ квербакъи гьабулила нилъ киналго цолъиялъеги цоцада ричӏчӏиялъеги.\nКъецазда гӏахьаллъараздаги, гьеб гӏуцӏараздаги, гьоболлъухъ рачӏараздаги ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-афандил цӏаралдасан баркиялъул калам гьабуна гьесул заместитель Мухӏамад Мангуевас.\nГьединго, данделъиялда кӏалъазе рахъарал Ингушетиялдаса муфтиясул кумекчи Ахӏмад Расуевасги, Казаналъул исламияб университеталъул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулев Оймахӏмад Маликовасги, Россиялъул гуманитарияб институталъул ДРялъул филиал Нухӏ-Къади Бахӏмудкъадиевасги, Чачан Республикаялъул хӏукуматалъул департаменталъул директорасул заместитель Исмагӏил Эльмирзаевасги гьаруна гьара-рахьиялгун баркиялъул кӏалъаял.\nАхиралда кӏалъазе вахъана Сагӏидбег Даитовасул цӏаралда бугеб исламияб институталъул ректор Ахӏмад Гӏабдулатӏипов. Гьес бергьараздаги, призалъулал бакӏал ккураздаги баркана. Киналниги номинациязул финалалде рорчӏаразе щвана нус-нус доллар.\nФиналиял къецазул ккана хадур рехсарал хӏасилал.\nГӏелмуялъул бутӏаялда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Махӏачхъалаялдаса Ахӏмад Гӏисахӏажиевас. Гьесие кьуна «Фольцваген-Поло» машина. Кӏиабилеб бакӏ ккуна Шамил Багъ- атаровас. Гьесие кьуна ноутбукги 3000 долларги. Лъабабилеб бакӏ ккурав Мухӏамад Сайпудиновасе кьуна ноутбукги 2000 долларги.\nГьел ккола шайих МухӏамадГӏарифил цӏаралда бугеб Дагъиста- налъул исламияб институталдаса гӏолилал.\nКъуръан рекӏехъе лъай (хӏифз) бутӏаялда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Мухӏамад Мухӏамадовас (Чачан республика, Курчалой шагьар). Гьесие кьуна «Лада-Гранта» машина. Кӏиабилеб бакӏ ккурав чачаназул Ахӏмат-юрт росулъа Салтаев Мухӏамадие кьуна ноутбукги 2000 долларги. Лъабабилеб бакӏ ккурав, шайих Мухӏамад-афандил цӏаралда бугеб Къуръан цӏализе малъулеб мадрасаялъул вакил Гӏамир Мухӏамадовасе кьуна 1000 доллар.\nКак битӏун баялъул бутӏаялда тӏоцебесеб бакӏ щвана Мухӏамад Шахилаевасе. Гьесие кьуна Къуръанги 2000 долларги. Кӏиабилеб бакӏ ккуна Мухӏамад Гӏалижановас. Гьесие щвана 1500 доллар. Лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Аюб Нуралиев (1000 доллар).\nГьел киналго ккола Казбек районалъул Гуни росулъа, Сагӏидафандил цӏаралда бугеб мадрасаялъул мутагӏилзаби.\nНиязбег Алмахъский"}
{"slug": "18040-abuge-zhegigi-rag-l-ugianilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18040-abuge-zhegigi-rag-l-ugianilan", "title": "«Абуге жегиги рагъ лъугӏанилан»", "date": "2022-06-03 06:46:20", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Гьеб хъарщи чӏвалеб мехалда гьенире ун рукӏана Дагъистаналъул чанго батӏияб районалдаса чагӏиги, ай доб хъорщода цӏарал рикӏарал рагъухъабазул гӏага-божарал.\n1942 соналда Малгобекалда гӏагарлъухъ чӏварал гьел араб бакӏ лъачӏого тӏагӏараллъун рикӏкӏунаан гьанжелъагӏан. Гъоркьиса августалда абуни, Моздокалъул «Поиск» абулеб къокъаялда гьел рагъухъабазул жаназабазул хутӏелал ратун руго Малгобекалдаса рикӏкӏад гьечӏого, Гъизляр росдал рагӏалда.\nРакьул щибаб кесекалъе гӏоло рагъ байбихьун буго гьениб 1942 соналъул хасалихъе. Гъизляр ва Малгобек росабазда гьоркьоб бакӏалда фашистазулгун рагъ гьабулеб букӏун буго гвардиялъул ичӏабилеб кьвагьдохъабазул бригадаялъ. Малгобек цӏунулеб букӏун буго кьвагьдохъабазул тӏоцебесеб батальоналъ. 1943 соналъул 3 январалда гьеб тӏубанго бацӏцӏад гьабуна фашистаздаса. Гьенив Дагъистаналдаса 32 рагъухъанги чӏван вуго.\nМалгобек росдал бегавул Зубер Кусовас кьурал цӏарал мемориалияб хъорщода тӏад рикӏизе квербакъиялъул суал поисковиказ дандбана Моздок районалъул бетӏерасул заместитель Нурмухӏамад Будайчиевасда. Цинги гӏуцӏана оргкомитет. Гьелда гьоркьоре рачана бизнесмен Анатолий Юсупов, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда гьениб рагьун бугеб «Дагъистан» абураб миллиябгун культурияб централъул нухмалъулев Мухӏамад Гьиматов, поисковиказул къокъаялъул нухмалъулев Махӏмади Даулетов, «Дом быта» гӏуцӏиялъул директор Владимир Оганесов.\nГьел киназего цӏакъ рекӏее гӏуна Малгобекалдасаги Дагъистаналдасаги рагъухъабазул цӏарал даим гьаризе ккеялъул пикру. Мемориалиял хъарщал хӏадуризе Анатолий Юсуповасе заказги кьун, памятник цӏигьабулеб тадбиралде Малгобекалде рачӏаян газетал-журналаздасан, телевидениялдасан Дагъистаналъул росабалъе, шагьаразде ахӏи бана оргкомитеталъ.\nГьедин рачӏарал дагъистаниязда гъорлъ рукӏана, масала, Башир Тагиевасул лъималазул лъимал – Хив районалдасаги Зеленокумск шагьаралдасаги Мухӏамад, Рустам Тагиевал, Хӏажирамазан Ахӏмадов. Рачӏана Дахадаев, Гӏахъуша, Лак районаздаса дарги ва тумазул миллаталъул чагӏиги.\nАраб бакӏ лъачӏого тӏагӏарал жидерго умумузул цӏарал гьечӏищ гьев 32 дагъистаниясда гъорлъали бихьизе Гъизилюрталдасаги бачӏун букӏана следопытазул къокъа – Султандибир, Мухӏамад, Гӏусман, Хӏамзат, Гӏали, Сайдула Гӏалиевал, Гӏали Пахрудинов.\n1942 соналдаса нахъе таманаб заман аниги, жеги-жеги цӏехолел руго гӏадамаз жидерго гӏагаразул цӏарал. Цевехун рехсарав Махӏмади Даулетовасги бакӏалъул поиско- виказги гӏезегӏан хӏалтӏи гьабулеб буго гьеб рахъалъ. Ахираб чанго соналда жаниб лъабнусго чиясул цӏар тӏатинабуна гьез. Гьав 32 дагъистаниясул цӏар тӏатинабиялъеги гьел даим гьариялъеги квербакъи Мухӏамад Гьиматовасги гьабуна.\nМоздокалда бугеб Дагъистаналъул миллиябгун культурияб централъул вакил Сулейман Жахаевас бицана Малгобекалда чӏваразда гьоркьоб цӏар батарав цо тумасул къисматалъул хӏакъалъулъ. Кули районалъул Хосрех росулъа Сагӏид Хӏусенов ккола гьев.\nХӏакъикъаталда абуни Сагӏид гьенив чӏван гьечӏо. Гьениса тӏадги вус- сун, 2021 соналда хун вуго.\nХосрехалдаса Хӏусайнил лъабго вас ун вуго рагъде – Рамазанги, Сагӏидги, Абачараги. Рамазан чӏван вуго гьенив, гьелда хадубго цун Сагӏид чӏваниланги бачӏун буго кагъат.\nМагӏирукъги лъун, зигараялъ рачӏарал чагӏи кваназарулел рукӏун руго Хӏусайнил рокъор къаси мехалъ. Цо заманалда бецӏлъукьан ваккун цо батӏияв чиги вачӏун вуго гьениве кваназе. Мун Сагӏидида цӏакъ релълъарав вугилан гӏадамаз абидал, жив вакъуца холев вугин, кваназе квалк- вал гьабугеян жаваб кьун буго гьес.\nАхирги рокъове тӏадвуссарав Сагӏид ватула гьев. Кор боркьараб рагъулъ жиндир гьалмагъзабиги чӏван, гьев агълъизавун, лъавудаса уна. Ворчӏидал, сверухъ батула сихӏкъотӏи. Цинги бохдузда вахъун чӏезеги бажаричӏого, хӏалица хъурщун, санчасталде щола гьев, лъукъараб кверги пилоткаялда гъорлъ жемун.\nСахлъун хадув рокъовеги виччала Сагӏид.\nСулейманица бицана цӏакъ ракӏ лъикӏав, разияв чи вукӏанила гьев. Хадур гьесие гьаруна лъабго васги ясги, хӏалтӏулаан колхозалда. Сагӏидил махщел букӏана кучӏдул ахӏизеги, кьурдизеги, махсаро гьабизеги. Гьесул анищ букӏун буго живго вагъарал, жиндирго гьалмагъзаби къаникь щапарал бакӏаздеги щвезе. Амма гьебги тӏубачӏого хун вуго.\nСагӏидил цогидав вац Абачараги тӏад вуссана рагъдаса. Филологиял гӏелмабазул докторлъун вахъана гьев.\nГьединал мисалал жеги рехсана гьенир.\nПамятникалда цере умумулги ракӏалде щвезарун, Моздокалъул имам Казбек Аскеровас хваразул рухӏазе дугӏаги гьабуна. Школлъималаз рагъулал кучӏдулги ахӏана.\nХадуб тӏобитӏана цоги тадбир. В. Оганесовасулги, М. Гьиматовасулги, В. Чупринилги квербакъиялдалъун гьениб гьабуна «Оборона Моздока» абураб радио-экспедиция.\nФ. Адилова, Моздок шагьаралъул собраниялъул депутат"}
{"slug": "18041-bibliotekayal-ul-g-asda-tiobitiarab-sordo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18041-bibliotekayal-ul-g-asda-tiobitiarab-sordo", "title": "Библиотекаялъул гъасда тӏобитӏараб сордо", "date": "2022-06-03 06:48:18", "categories": ["kkara-tar"], "text": "27 маялда тӏолабго улкаялда кӏодо гьабула Библитекабазул къо. Гьелъул хӏурматалда исана библиотекабазда, музеязда, тӏахьазул тукабазда, культуриял центразда тӏоритӏана батӏи-батӏиял тадбирал.\nИсана 11 нухалъ тӏобитӏулеб буго «Библионочь» абураб тадбир тӏолабго Россиялда.\n2022 сон РФялда халкъазул рухӏияб бечелъиялъул ирсалъул сонлъун лъазабун букӏиналда бан, исана акция тӏобитӏана “Халкъиял гӏадатал” абураб цӏаралда гъоркь.\n28 маялда “Библионочь — 2022″ тӏобитӏана Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялдаги. Гьеб сордоялъ гьенире ракӏарун рукӏана лъималги, гӏолилалги, ригьалде рахаралги.\nТадбир байбихьана, библиотекаялъул гьитӏинал цӏалдолезе сайгъат гьабураб тӏоцебесеб бутӏаялдасан. Гьелда цӏарги букӏана “Библиосумерки». Гьенир лъималазе хӏадурун рукӏана гӏемерал сайгъаталги.\n“Анищалде данде роржен» абураб, сакъатал лъималазул клубалъул нухмалъулей Элла Хӏасановалъ гьитӏичазда бихьизабуна “Кайтагалъул накъищал» абураб хӏатӏгун хӏалтӏиялъул, гьелъул батӏи-батӏиял тӏагӏалаби гьаризе ругьун гьариялъул мастер-класс. Культуриял программабазул отделалъ гьитӏичазе хӏадурун букӏана “Хулжиниса мультфильмал» абураб сайгъат. Лъимал гъираялда ралагьана Цӏадаса Хӏамзатил “Гъалбацӏги гӏанкӏги», “Пилги цӏунцӏраги» ва Нурудин Юсуповасул “Гьавураб къо» абурал асаразул кьучӏалда, советияб заманалдаго рахъун рукӏарал мультфильмазухъ. Гьединго, гьитӏинал гьалбадерица гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гӏадатазда ва маданияталда тӏасан гӏуцӏараб викторинаялдаги.\nСагӏат анкьгоялда байбихьана тадбиралъул аслияб бутӏаялде. “Библионочь-2022″ рагьана ДРялъул культураялъул министрасул заместитель Медина Жаватхановалъ. Гьелъ бицана гӏун бачӏунеб гӏелалъе патриотикияб тарбия кьеялъулъ ва нилъер рухӏияб ирс цӏуниялъулъ библиотекабазул ва гьезул хӏалтӏул бугеб кӏваралъул.\nТадбир нухда бачана библиотекаялъул культуриял программабазул отделалъул нухмалъулей Ольга Гӏалиевалъ ва краеведалъулгун миллияб адабияталъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртузгӏалиевалъ.\nТадбир рагьи берцин гьабуна “Лезгинка» кьурдул ансамблялъул школа-студиялъул кьурдухъабаз, ДГУялъул, МАДИялъул студентаз цӏаларал ва ахӏарал кучӏдуз. Балагьаразе цӏакъ асар гьабуна ДГУялъул халкъазда гьоркьосеб лъай кьеялъул факультеталда ва автодорожнияб колледжалда цӏалулел ругел, къватӏисел пачалихъаздаса рачӏарал студентаз цӏаларал ва ахӏарал кучӏдуз. Гьезул гӏемерисез гьанире рачӏун гӏемераб мех бан гьечӏониги, цӏакъ жигар бахъулеб букӏана берцин- го Расул Хӏамзатовасулги Фазу Гӏалиевалъулги асарал гӏурус ва жидерго рахьдал мацӏазда цӏализе. Каспийскиялъул №15 школалъул учитель Серайнат Гӏабдулаевалъ цӏалараб Расулил “Как» абураб кечӏалъ черхалда гъаргъар базабичӏев чи къанагӏатги хутӏун ватиларо залалда. Ахир лъуна вацал Салман ва Белек Гӏабасоваз ахӏарал “По горным дорогам» ва “Далалай» кучӏдуз.\nГьединго балагьаразда рихьизаруна машгьурай модельер Мунажат Хӏасановалъул “Хӏикматаб гъамас» абураб этноколлекциялдаса хӏалтӏаби.\nТадбир рагьиялъул хӏурматалда тӏобитӏулеб гьеб бутӏа лъугӏигун, гӏахьаллъарал рикьа-риххана тӏасиял тӏалабазда гӏуцӏун рукӏарал батӏи-батӏиял майданазде. Гьенир гӏуцӏун рукӏана Дагъистаналъул щибаб миллаталъул бокӏнал, батӏи-батӏиял махщелчагӏазул хӏалтӏабазул ва гьединго тӏахьазул церелъеял. Миллияб ретӏел-хьит ретӏарал васалгун ясал рихьидалги, ахӏулел миллиял кучӏдул цолъараб панаяб сариналъул сасалъухъ гӏенеккидалги, цоцахъа цоцахъе бегьун тӏилгун, тириго кьурдулел гӏолилалгун чӏахӏиязухъ балагьидалги кколеб букӏана гьеб сордоялъ миллияб библиотекаялда гьитӏинаб Дагъистан рагьун цебе лъун бугилан. Гьеб киналъго хӏайран гьавурав дида ракӏалде рачӏана кӏудияй шагӏиралъул гьал рагӏабиги:\nЦоцахъа цоцахъе бегьун унеб цӏа,\nЦоцаца цоцахъе бекун кьолеб чед,\nКьурдизе унелъул гьанир бертабалъ\nИргадал цоцахъе бегьун унеб тӏил\nТӏаде рачӏаразда цо-цо махщелчагӏаз рихьизарулел рукӏана тӏагӏалаби гьарулеб, тӏансаби-салмагал рессулеб къагӏидаялъул мастер-классал. Масала, щагӏил цӏа-рагӏ, расанкӏаби гьарулеб бакӏалда бугоан кӏудияб руккел. Аслияб къагӏидаялъ, гьелъухъ балагьунги жидецаго гьабизе хӏалбихьулелги ругоан гӏисинаб гӏел.\nХасго гьениб лъугьа-бахъунебщиналъул кӏудияб гъира букӏана улкаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса рачӏарал гьалбадерие, туристазе ва къватӏисел пачалихъаздаса студентазе. МАДИялда цӏалулев вугев Сириялдаса Мухӏамад Салихӏица бицана:\n— Дун гьаниве цӏализе вачӏаралдаса гӏемераб мех гьечӏо. Дида цӏакъ берцин рихьула Дагъистаналъул гӏадаталги, рукӏа-рахъинги, тӏабигӏатги. Амма къасисеб тадбиралдайин абуни дие Дагъистанги гьелъул гӏадамалги гӏатӏидго ва гъваридго рагьанин абизе бегьула. Гьанир ругел гӏажаибал махщелчагӏазул хӏалтӏабазги, гӏадамазда ретӏун бугеб миллияб ретӏелхьиталъги, квен-тӏехалъги, ихтилат-кепалъги кӏудияб асар гьабуна. Хасго рекӏелъе рортана гьобол хириял, адаб-хӏурмат бугел Дагъистаналъул гӏадамал, — ан.\nКъанагӏатал тӏахьазул отделалъ гӏуцӏун букӏана XX гӏасруялъул байбихьудаго миллиял мацӏазда Дагъистаналда къватӏире риччарал, гӏажамалда ва латиналда хъварал тӏахьазул выставка. Гьенибго букӏана квералъ хъвараб Къуръанги.\nКультуриял программабазул отделалъ гӏахьалчагӏи ахӏун рукӏана Р. Хӏамзатовасул “Магӏарулай» ва А. Абу-Бакарил “Адам ва Хӏава», “Чегери» асаразул кьучӏалда рахъарал фильмазухъ ралагьизе.\nКиназулго ракӏ тӏаде цӏалеб бокӏонлъун гьениб букӏана “Литературияб годекӏан». Гьениб руккелги гьабун, иргадал жидеего рокьулел шагӏирзабазул асарал цӏалулел рукӏана гӏисиналги чӏахӏиялги.\nБиблиотекаялъул конференц-залалда тӏобитӏана цӏияб къагӏидаялда къватӏибе биччазе бугеб “Дагъистан» журналалъул презентацияги.\nМиллияб ретӏел тӏад ретӏарал бихьинчиясулгун чӏужугӏаданалъул сураталъул тантамарескабазда (сурат бахъизе букӏине, къватӏибе гьумер баккизабизе каратӏ бахъараб стенд) цере чӏун суратал рахъичӏевги къанагӏатги чи хутӏун ватиларо гьеб сордоялъ.\nТадбиралъе ахир лъуна Рашид Багъатаевас ва Хиринду Султӏановалъ ахӏарал кучӏдуз.\n12-ялдехун лъугӏана гьеб тадбир. Киналго гьениса къватӏире рачӏунел рукӏана рохалилаб асаргун. Гьеб лъугьана цӏакъ интересаб, гӏахьаллъанщиназе пайдаб дандеруссинлъун. Хасго гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъер маданияталда хур- хун гӏемераб цӏияб жо лъана.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "18042-misall-un-bukiina-khalk-al-e-dur-tsiar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18042-misall-un-bukiina-khalk-al-e-dur-tsiar", "title": "Мисаллъун букӏина халкъалъе дур цӏар", "date": "2022-06-03 06:55:40", "categories": ["insan"], "text": "22 маялда Шамил районалъул Хӏебда росулъ тӏоритӏана ДРялъул Верховный судалъул членлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Багъужа Гӏонжолов ракӏалде щвеялъул хӏурматалда спортивиял къецал. Бетӏерав судья Ахӏмад Чӏегӏеровасул рагӏабазда рекъон, тадбир ана гӏуцӏадго ва гӏахьаллъаразул гӏемерисез рихьизаруна лъикӏал хӏасилал.\nСабаб-багьанаги ккун бугелъул, бокьун буго, гьев лъикӏав инсанги ракӏалде щвезавун, цоги нухалда гьесул хӏакъалъулъ дагьабго калам гьабизе.\nЦӏияб Лак районалде кӏанцӏун рукӏарал яргъид гӏуцӏарал хъачагъазе суд гьабулаго, Пятигорск шагьаралъул судалъул залалда, 2003 соналъул 17 июналда къадаралде щвана ДРялъул Верховный судалъул судья Багъужа Гӏонжолов. Доб заманалда гьев лъаларев, гьесул цӏар рагӏичӏев чи Россиялдаго вукӏун ватиларо.\nБагъужалгун дир лъай-хъвай ккана мачӏадисезул рохьоб. Хахолчакмаялги, хӏалтӏул ретӏелги ретӏун, басриябго шляпаги лъун, кодоб гӏащтӏигун Дагъистаналъул Верховный судалъул судья Гӏонжолов вихьидал, дун гӏажаиблъун хутӏана. Дида бугеб хӏал бичӏчӏараб гӏадин, гьес абуна: «Кутакалин чӏарал хӏакимзаби ва диргун ишцоял отпускалъ курортазде уна. Гьидерил тӏалъиги гӏагараб росдал тӏабигӏатги дие сундасаго хирияб буго. Гьаниб щола дие лазатги рахӏатги», — ян. Мачӏадисез бицунеб рагӏунги букӏана отпускалъул заманалда Багъужа росулъе вачӏунин ва щибаб къойил гьев вихьулин рохьов цӏул къотӏулев яги магӏарда гамачӏ данде гьабулевин абун.\n…Анкьго сон бан букӏана Багъужал эмен рагъде индал. Кӏиго соналдасан гьесул эбелалъухъе бачӏана магӏу бахъараб кагъат. Дол соназда кинавго чи вукӏана къварилъиялда, амма Багъужада букӏараб хӏалалъул бицунеб цо мисал бачина. Доб букӏана хасалил квачалъул махӏчӏвалеб кватӏараб хаслихълъи. Лъилалиго тӏадкъай тӏубазелъун, Багъужа цого-цо бугеб гурде-тӏаждалъ аскӏоб бугеб росулъе унев вукӏана. Росдадаса рикӏкӏад бугеб, Магӏалъа абулеб бакӏалда гьесда дандчӏвана кӏудадал имгӏал – Гьентӏаса Магӏазило. «Гьадин толохӏочго мун эбелалъгӏаги кин виччарав, дир вас», — ан абуна гьес ва, жиндасаго бахъун, гьесда ретӏана квасквасул куртка. Багъужаца гӏемер бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ ва абулаан: «Гьеб куртка букӏана гӏумруялъго дие щвараб бищунго къиматаб сайгъат. Гьелъ хинлъизабула жакъаги дир черхги ракӏги», — ян.\nБагъужал эбел Чучу йикӏана гьаюдизе лъалей гӏадан. Кьварарал магӏарул гӏадатазда рекъон тарбия кьун, гӏезавуна гьелъ цо вугев вас. Цӏализе витӏана учительлъун, жигар бахъана гьев гӏадамалъе вахъинавизе. Дол соназда росабалъ учительзабиги тохтурзабиги хӏурматиял чагӏилъун рикӏкӏунаан, гӏемерисезда лъазецин лъалароан цоги махщелал рукӏунеблъи. Багъужаца лъугӏизабуна Буйнакскиялъул педучилище ва хӏалтӏана гӏагараб росдал школалда учительлъун. Гьел соназда Багъужаца хӏукму гьабуна цебегосеб балъгояб анищ гӏумруялде бахъинабизе, ай юристлъун цӏализе ине.\nСаратовалъул юридикияб институтги лъугӏизабун вачӏарав Багъужа тӏамуна Советский рай- оналъул прокуратураялъул следовательлъун. Кватӏичӏого гӏолохъанав юрист тӏамуна районалъул судиявлъун. Хадуб букӏана республикаялъ- ул Верховный суд. Хехго лъукъулеб ва асар гьабу- леб Гӏонжоловасул рекӏелъан ана судалъул щибаб дело, щибаб къисмат. Гьесул лъай-махщалие ва ритӏухълъиялъе мукӏурлъилъун рикӏкӏине ккола террорист Салман Радуевасе ва гьесул гьалмагъ- лъиялъе гьабулеб судалъе нухмалъи гьаби гьесда тӏадкъай.\nГьеб судалдаса хадуб «Народная газеталда» бахъараб «Приговор Радуеву – предупреждение всем террористам» абураб диргун букӏараб гарачӏвариялда, «Гьайгьай, гьединаб даражаялъул судалъул заседаниялъе председательлъи гьабизе дуда тӏадкъай ккола кӏудияб божилъи. Сундуе гӏоло мун тӏаса вищарав?» — ан абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьун букӏана: «Нухмалъи- ялъ гьеб судалъул иш дида тӏадкъана. Гьединабго хӏасилалда гьеб тӏубазабилаан бокьарав дир иш- цоясги», — ян.\nКьуна дица «Судалъул заманалда дуе кинабгӏаги хӏинкъи кьеялъул хӏужа кканищ? Мун цӏунулев ватила?» — ян абураб суалги.\n«Дица суд гьабиялъул рахъалъ лъилниги дагӏба букӏинчӏо, боевиказул рахъалдасан хӏинкъикьейги ккечӏо. Дун цӏунула, амма бищунго ракӏчӏараб куцалда дун цӏунула Аллагьас», — ан жаваб кьуна Багъужаца.\nБагъужал бетӏерлъиялда гъоркь гӏемерал такъсирчагӏазе гьаруна судал. Амма бищунго хӏалуцараблъун рикӏкӏуна Буйнакскиялда гӏемертӏалаяб мина кьвагьизабиялъул ва Махӏачхъалаялъул Пархоменкол къотӏноб гьабураб теракталъул гӏадал, дунялалдаго ахӏи бахъинабурал судазул заседаниял. Гьел рукӏана цӏакъ захӏматал. Багъужаца гьел тӏад рагӏи абизе бакӏ течӏого тӏоритӏана. Я Россиялъул генпрокурорасул, я судалда гъоркье ккарасул рахъалдаса гьесдехун щибго дагӏбаги букӏинчӏо. Амма судалъул гӏадлу хвезабулев чиясда гьес гурхӏел гьабулароан. Верховный судалъ хӏукму гьабун жанив тӏамурав чамалиго чи гьес, цӏидасан гьабураб судалъул хӏасилалда, тамихӏалдаса эркен гьавуна. Гьесул гьединал ритӏухъ гьариялъул хӏукмаби кидаго ритӏаралги ратулаан.\nХӏукуматалъ мустахӏикъаб къимат кьуна Багъужал ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе. Гьесие щварал орденал-медалал рикӏкӏинчӏого, Багъужа Гӏонжоловасе кьуна гьадинал цӏарал ва шапакъатал: «РФялъул мустахӏикъав юрист» (1998 сон), «Лъагӏалил инсан» абураб цӏар (2003 сон), ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Хӏурматалъулаб грамота (1999 сон) ва цогидалги.\nКӏикъого чияс лъикӏав чи вукӏанин нугӏлъи гьабулеб бугони, бусурбанчи алжаналде унин абула. Багъужал хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб рагӏи рагӏичӏо. Цо-цо чагӏаз кьолеб буго гьесие гьадинаб къимат: Имам Яралиев, ДРялъул прокурорлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Багъужа вукӏана судиялъи гьабизе, ай ритӏухълъи цӏунизе Халикъасго тӏаса вищарав чи». Анвар Мухӏамадов, ДРялъул Верховный судалъул председательлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Гьесда тӏадкъалаан бищунго захӏматал судазул ишал. Щайгурелъул Багъужада гӏадин берцинго ва ритӏухълъи цӏунун гьел тӏоритӏун цогидазухъа лъугьунароан. Верховный судалда хӏалтӏараб 20 соналда жаниб Багъужае щвечӏо цониги бадибчӏвай. Радуевасе гьес гьабураб судалъул бицунаго, РФялъул Генералияв прокурорас гьелъие кьуна «высший пилотаж» абураб къимат ва, тӏад цӏарги хъван, Багъужае сайгъат гьабуна Макаровасул таманча». Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов, ДРялъул Верховный судалъул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Лъикӏаб лъай, Аллагьасго кьураб гьунар букӏиналъ ва умумузул гӏадатал цӏуниялъ кумек гьабулаан гьесие судазда битӏарал хӏукмаби къотӏизе. Гьесул кӏудияб махщел букӏана бачӏараб балагьалъ кӏвекӏулей эбелалдаги, яхӏ гьечӏев такъсирчиясдаги сабуралда кӏалъазе». Суракъат Асиятилов, гӏемерал соназ Хал- къияб Собраниялъул депутатлъун вукӏарав: «Багъужае бокьулаан ва гьесда гъваридго лъалаан жиндирго хӏалтӏи. Гьес ракӏбацӏцӏадго хъулухъ гьабуна халкъалъе, ритӏухълъиялъе ва законалъе, ай къима- талда цӏунана судиясул цӏар». Ибрагьим Хӏажиев, Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъ- ул начальниклъун хӏалтӏарав: «Багъужа вукӏана ракӏалда бугеб жо абулев, абураб гьабулев чи. Дунгун цадахъ гьев цӏалана Буйнакскиялъул педучилищаял- да, цадахъ хӏалтӏана школалда. Гьев вукӏана худо- жествиял тӏахьал цӏалиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏ ккурав чи. Гьезул баракаталдалъун щвана гье- сие лъикӏаб гӏакълу ва гӏумругун гӏадамал ричӏчӏи». Рамазан Гӏабдулатӏипов, Дагъистаналъул вукӏарав бетӏер: «Багъужа хӏалтӏулев вукӏана Лъаратӏа районалъул прокуратураялъул следовательлъун. Гьесул лъикӏлъиги, гӏаданлъиги, ритӏухълъиги бихьун, Хӏебда ва Махӏачхъалаялда гьев хӏалтӏулеб мехалъги, лъаратӏисел къваригӏелалъ гьесухъе унаан».\nБагъужал кӏудияв вас Мухӏамадица бицана жидее эмен вукӏанила нух бихьизабулеб канаб цӏвалъун, жидеца – гьесул лъималаз жигар бахъулила гьесда релълъараллъун рукӏине, жидедаса гьев чӏухӏулеб хӏалалда гӏумру гьабизе. Берцин бихьулаанила гьесул хъулухъ, гӏадамазулъ гьесул бугеб къадру, гьесдаса цогидазе щолеб кумек. Гьединлъидал жал, ай гьесул васал, хӏалтӏизе анила ихтиярал цӏунулел идарабазде, хӏалтӏулелги ругила инсул къадруги цӏунун. Багъужал бищун кӏудияв вас Мухӏамад ккола юридикиял гӏелмабазул кандидат, профессор, подполковник, Махӏачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул судияв, нотариаталъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул преподаватель. Ахӏмад хӏалтӏулев вукӏана таможняялда, Ибрагьим хӏалтӏулев вуго МЧСалда, Хӏасан – полициялда, Хӏусен – прокурорасул заместительлъун, Хӏажияв хӏалтӏулев вукӏана «Сириус» турфирмаялда.\nБагъужал гӏамал-хасияталъулъ букӏана гӏадатлъиги ва гӏадамал кӏодо гьабулеб рахъги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Жакъасеб модаялда рекъон гӏемерисез, росабалъа ун, шагьаразда жидерго лъималазе бертаби гьарулеб заманалда, Багъужаца жиндирго анлъавго васасе бертаби росулъ гьаруна. Гьесул анищ букӏана, пенсиялде аравго, росулъе тӏад вуссине. Пайда щиб, Аллагьас хъван букӏун гьечӏо.\nБатӏи-батӏиял газетазда ва журналазда гӏемер хъвана ва бицана Багъужал хӏакъалъулъ, гьединго бахъана гьесул гӏумрудул нухалъул ва хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунеб кино. Гьесул гӏагараб Мачӏада росдал школалда лъуна Багъужал цӏар. Амма, цебего заман щун бугониги, жеги гьечӏо гьесул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь. Гьединаб тӏехь букӏинаан гьев ракӏалдещвеялъе бараб памятниклъун ва гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъе унго-унгояб квербакъилъун. Багъужаде хъварал гӏемерал кучӏдузда гьоркьоб дида берцин бихьана шагӏир Залму Мухӏамадовалъ хъвараб гьаб кечӏ:\nИнсул азбаралда кьибил гӏарцул гъветӏ\nКьолболъа бахъараб, рагӏанищ васал,\nКьолбода нур бараб меседил матӏу\nБекун гӏодоб лъураб лъанищ, Дагъистан.\nЦохӏо васазейищ эмен камурав,\nКинабго Дагъистан чӏегӏербан бугин,\nЦо мачӏадиселищ мунан угьдулел,\nРитӏухълъи хӏажатаз ахӏулин дур цӏар.\nРагӏиги магӏнаяв, гӏакълу камилав,\nМун къваригӏун вуго къобахъанагӏан.\nГӏадлуги битӏарав ритӏухъав инсан,\nМун хӏажалъун вуго хӏукму къотӏизе.\nГӏарцуца бичулеб чамгӏалаб заман,\nЗагьрулъун сверана дуе, Багъужа,\nТӏаса амру бачӏун, къотӏулеб хӏукму,\nДур ритӏухъаб судалъ тасдикъ гьабичӏо.\nЗаконазул тӏахьал рекӏехъе лъалев,\nЛъица мун хисилев Дагъистаналъе.\nАхирисеб рекӏел кӏутӏи чӏезегӏан,\nРоссиялъе хъулухъ гьабуна дуца.\nЧӏухӏигун рехсела мун наслабаца,\nМисаллъун букӏина халкъалъе дур цӏар.\nМеседил лъалкӏ тана дуца ракьалда,\nКьижа хӏасраталда, хӏасратав инсан.\nН. Нуриев"}
{"slug": "18044-isana-khiezhal-ul-baga", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18044-isana-khiezhal-ul-baga", "title": "Исана хӏежалъул багьа", "date": "2022-06-03 07:00:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Марва-Тур» компаниялъул пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон, 2022 соналда дагъистаниязе хӏежалде ине хӏажалъулеб буго 4,700 доллар (312000 гъурущ). Гьелда гьоркьобе уна Махӏачхъалаялдаса Дубаялде щвезегӏан самолеталда роржин, хадуб — Мадинаялде щвезегӏан автобусалда ин. Гьединго гьелда гъорлъе уна: трансфер (гостиницаялде-нахъе автобусалъ раччи), Маккаялда ва Мадинаялда гӏумру гьаби, Зам-зам лъим ва хӏеж борхулесе хӏажатаб комплект ратӏлил. Дубаялдаса Мадинаялде самолеталда рекӏун ине бокьараз тӏадеги 700 доллар кьезе ккола. Гьединго, «Мадинаялда микьго къо» абураб тӏадежубаялда рекъон (+400 доллар), хӏеж борхун хадуб Мадинаялда 3-8 къо базеги бегьула.\nИсана Дагъистаналдаса хӏежалде ине вуго 4550 чи."}
{"slug": "18045-rak-lil-va-rokul-garkikh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18045-rak-lil-va-rokul-garkikh-e", "title": "Ракълил ва рокьул гьаркьихъе", "date": "2022-06-03 07:05:13", "categories": ["kultur"], "text": "Дун чӏараб хӏор гуро, дун хӏавуз гуро,\nХӏалкӏояб гьалагаб мугӏрул гӏор йиго,\nМугӏрул реганиги, щобал таниги,\nЩибаб гьелъул гӏамал гӏодоб рехичӏей.\nФ. ГӏАЛИЕВА\nДагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъул рекӏел тӏиндасан бурун бачӏунеб ва жиндирго шигӏрабалъ бессун хутӏун бугеб ракълил ва рокьул гьаркьица цоги нухалда данде гьарун рукӏана 31 маялда Гӏурус театралда, шагӏир гьаюралдаса 90 сон тӏубаялде тӏобитӏулеб иргадулаб тадбиралде. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана республикаялъул миллиял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаева, лъималазул ихтияр цӏуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Мария Ежова, «Лезгинка» кьурдул ансамблялъул директор, шагӏиралъул вас Жамбулат Мусаев, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, гӏалимзаби ва цогидалги.\nТадбир гӏуцун букӏана Дагъистаналъул муфтиясул гӏакълучӏужу Гӏайна Хӏамзатовалъ.\nДандеруссин берцин гьабуна Дагъистаналъул гуманитарияб колледжалъул, муфтияталда цебе бугеб руччабазул «Гьидаят» централъул, Башларовасул цӏаралда бугеб медколледжалъул студентазул, «Ватӏан» ва Юсуповасул цӏаралда бугеб школазул цӏалдохъабазул церерахъиназ.\nТадбир байбихьана гуманитарияб колледжалъул студентаз хӏадурараб видеороликалдасан. Гьениб ДРялъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас ва шагӏиралъул гӏумруялъул ахирисел соназ гьелъул кумекчӏужулъун йикӏарай, ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Мариза Мухӏамадовалъ бицана Фазул шигӏрабазулги гьезул хаслъиялъулги хӏакъалъулъ.\nФазул шигӏрабазул гъасда цӏидасанги гьелегьараб цӏаялъ ракӏалде щвезабулеб букӏана гьелъул лъимерлъиги, гӏанчӏаб гӏолиллъиги, гӏолохъанлъиги. Ва гьале даимлъиялде сверизе бугеб дандчӏвай – Москва. Литературияб институт. Мусалгун дандчӏвай ва лъай-хъвай — гьитӏинабго спектакль бихьизабуна гуманитарияб колледжалъул студентаз.\nРекӏее кӏудияб асар гьабуна Фазуе сайгъат гьабураб Къуръаналъул бицунеб сценкаялъги.\nАбадияб рокъове ине хӏадурулев вугев гӏумуруялъул гьудул. Какикьжоялда рухӏ босарав гьесухъ угьдулеб цо лахӏзаталъ шагӏиралъул гьаракь кьерхун уна — гьедин бицана жидерго церерахъиналда медколледжалъул студентаз. Ригьнаде кьезе хӏадурулей ясалъе шагӏиралъ хъварал насихӏаталги кинха ракӏалде щвезаричӏого телел. Шагӏиралъул гьаркьидалъун ясазе насихӏатал гьаруна Гӏайна Хӏамзатовалъ.\nТӏадехун рехсарал школазул цӏалдохъабаз Дагъистаналъул миллатазул мацӏазда рикӏкӏана Фазул кучӏдул.\n«Ватӏаналъул» лъималаз байрамалде рачӏаразе бицана Халун-кӏодол. Ва цӏидасанги цӏилъун рачӏана шигӏрабазул гъасда шагӏиралъе щварал Халун-кӏодол дарсал. Йохарай Фазул ракълил ва рокьул цӏараб гьаркьихъе цере рачӏунел рукӏана Гиничукьги, Хунзахъги, Дагъистанги, Россияги…\nТадбиралъе хасаб берцинлъи кьун букӏана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъабазул церерахъиналъги.\nЛъугӏана тадбир. Биччанте гьеб букӏине халкъияй шагӏиралде дагъистаниязул бугеб гучаб рокьул иргадулаб карачеллъун."}
{"slug": "18050-shamil-imamasul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18050-shamil-imamasul-kag-tal", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2022-06-03 07:07:54", "categories": ["rel"], "text": "Шамил имамас Чӏохъа Гӏинкъав Хӏажихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Гӏинкъав Хӏажиясухъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Нагагь магьариялъул хӏакъалда тӏасан рос-лъадиялда гьоркьоб дагӏба ккани, дица росасда амру гьабула, магьари лъолеб мехалда, къотӏи гьабураб магьариялъул хӏакъ, кигӏан дагьабниги тӏаса камизе течӏого, лъадиялъухъе кьеян, хӏатта къого туменалде бахунеб гьеб батаниги. Нагагь гьеб, дир хӏукмуялда тӏасан кӏалъай гьабулев ялъуни гьелда разилъуларев чи ккани, вореха, дуца гьединав чиясухъ халгьабуге.\nВассалам. Шамат къо, 1269 соналъул 14 сапар / 1852 соналъул 26 ноябрь.\nГӏусманиязул султӏан Гӏабдулмажидица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дирго вас Гъазимухӏамадиде, ва дир гьитӏинав вац наиб Гьитӏинасухъе ва хасго гьезул муфтиятасде, къадизабазде ва киналго гӏалимзабазде. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Нужеда лъай хӏакълъунго имамас наибзаби вилаятазда тӏад лъеялъул мурад букӏин исламалъул гӏаламатал загьир гьари ва мункарал, шаргӏал нахъчӏварал жал лъугӏизе гьари. Гьединго аварагзабазул Сайидасул суннатал чӏаго гьариги, лъикӏаб, шаргӏалъ гьабеян амру гьабурабщинаб жо билълъанхъизабиги букӏин. Гьединго рузман жамагӏаталде халкъ ахӏиги гьел тӏагӏат-азкаразде машгъул гьариги букӏин. Дихъе хабар щвана нужер рахъалда иш гьаб кинабго жоялъул гӏаксалда ккун бугин абун ва нужеда гьоркьоб мункарал, гьукъарал, мехтел-хъалиян цӏай гӏадал пишаби тӏоритӏулел ругин, гӏадамалги, зикруги тун, кечӏ-бакъаналде руссун ругин ва лъикӏал ишалги квешазде руссинарун ругин. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужеца ракӏ-ракӏалъго гьеб пиша теян, тӏадехун рехсарал лъикӏал гӏамалал халкъалда гьоркьор рилълъанхъизареян ва нужеца нужерго агьлу пасалъиялъул карачелазда жаниса хвасар гьабеян, гьанжелъизегӏан гьабулеб букӏараб кинигин.\nДица нужехъе чапарзаби ритӏана, гьаб кагъатги босун, гьеб иш нужеда бицине гӏоло, ва гьединго ракӏалда ругел жалги нужее баян гьаризе. Нужеда лъай, гьанжеялдаса хадубги дица нужехъе балъголъи тӏатунги чапарзаби ритӏизе рукӏин, нужер ахӏвал-хӏал цӏехеялъул мурадалда. Щаклъи гьечӏого, гьаб ишалде мугъ кьурав, гьалдаса вуссарав, гьаб мугьмалго тарав чи хӏалтӏудаса вахъизе вуго. Гьелдаса хадуб нужеца гӏицӏго нужедаго чӏвай гӏайиб, цогиязда чӏваге. Гьелдалъун тана.\nХадубги нужеда лъай, тӏаде хьвадулел гьалбал ва зияраталъ рачӏунел чагӏи гӏемерлъиялъ, дир кинабниги дунялалъулги диналъулги къагӏида хун букӏинги кидаго тӏаса инго гьечӏеб хӏалкъай букӏинги. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужер вилаяталъул чагӏи, шаматгун базар къояз хутӏизегӏан, дихъе ине гьукъеян абун. Дица нужееги гьукъулеб буго, итни ва талат къояз хутӏизегӏан, дихъе рачӏинеги нужерго чапарзаби ритӏизеги.\nГьединго нужеца гьаб иш, цо бакӏалдеги ракӏарун, роцӏцӏинабун баян гьабе, гьезул хадубккун гӏиллахӏужа гьечӏого букӏине. Нагагь гьел дол рехсарал гурел къояз рачӏани яги нужго рачӏани, ялъуни чапарзаби ритӏани, дица нужги гьелги къабул гьаризе гьечӏо, хӏатта росулъе жанире лъугьинецин ихтияр кьезе гьечӏо. Гьедин ккани, нужер диде бугеб бербалагьи квешлъизе гурин. Гьалдалъун тана.\nВассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул 26 сапар / 1852 соналъул 8 декабрь.\nШамил имамас Ичичӏалиса Къадихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Къадихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Лъарагӏлъиялъул гӏадамазухъа нилъехъе щварал аманатал нилъеца росизе гьечӏо. Гьединго гьаб кагътил бетӏергьан Гӏабдуллагьихъа босараб жоги гьесухъе тӏад буссинабизе ккола, щибго жо нахъе течӏого.\nШамил имамас Гъазимухӏамадихъе ва гьидерил наиб Хӏотодаса Гьитӏинасухъе хъвараб кагъат\nХирияв, Жинца гьаричӏого, мустахӏикълъичӏониги (нигӏматал) кьолев Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. Хириял амирзабазул бищун тӏадегӏанав, чӏахӏиязулги бищун кӏудияв, хиралъиялъулги тӏокӏлъиялъулги бетӏергьан, исламалъул гӏорхъаби жинца цӏунулев, Дагъистаналъул цогидал амиразда гьоркьов Тӏадегӏанав Аллагьасул хасаб кӏвар жинде буссарав шайих Шамил-апандиясухъе.\nЦинги. Нужеда лъазе гьабулеб буго гӏурусазул пачаяс къасд гьабун букӏин нижеда захӏматал шартӏал раччизаризе. Гьелдалъун гьезул къасдги буго дир бетӏерлъи тӏаса инабизе, гьелъул истикълалалъул (жибго жиндаго чӏеялъул) кьучӏги биххизабизе. Гьел шартӏал къабул гьаризе ва тӏаде росизе ресги гьечӏо. Дидаги гьесдаги гьоркьоб букӏараб къотӏи-къай биххизабичӏого чараги гьечӏо. Гьелдалъун гьесул къасдги цохӏого-цо исламалъ кьучӏ биххизабиги гьединго ислам хӏакъир гьабиги буго. Гьединлъидал нилъеда тӏадаб буго рагъуе хӏадурлъизе, нилъерго аскаралги данде гьаризе ва нилъехъаго бажарараб, хӏалкӏвараб къагӏидаялъ гьезда дандеги рахъине. Тӏадегӏанав, квербакъулев, кинабго жо Жинда кодосев Бетӏергьанасде мугъчӏвайги гьабун, аварагзабазул Сайидасдалъун тавассулги гьабун, гьел капурзабаз гьабуралда релълъаралдалъун гьезда дандчӏвай гьабизе. Гьединлъидал нижеца рагъуе хӏадурлъи гьабизе байбихьана. Дица гӏемерал аскарал ритӏана Тутюналде, Тӏарабзаналде, Арзурумалде ва гӏорхъода ругел цоги бакӏазде. Аллагьасе щукруги реццги буго. Киналниги бусурбаби рекъана ва цолъана гьезда данде рагъизе, жидерго чурхдузулги боцӏиялъулги сан гьабичӏого. ИншаАллагь, Аллагьасде хьул буго, Гьес Жиндирго цӏобалдалъун ва рахӏмуялдалъун нилъее квербакъилин абун.\nХадубги дур тӏабигӏат ва хасият, ай дур рижиго диналде цӏикӏкӏараб рокьи бугеб буго. Дуца гьанжелъизегӏан Аллагьасул нухда, кинабгӏаги кӏвахӏ тун, хӏакъаб куцалъ жигьад гьабуна. Дуца динги цӏунана, щибго данде жаза-мухьги тӏалаб гьабичӏого ва Аллагь тун батӏиясдаса квербакъиги щвечӏого. Мун гьанжелъизегӏан рагъуе ва кьалуе вахъун чӏунги вукӏана. Дица, Аллагьас хъван батани, гьал рехсарал шагьараздаса духъе киналниги ханзаби, амирзаби, гӏалимзаби данде гьаризе руго ва гьаб пурманалда рекъон, жидерго боялги сурсаталги ракӏарун, гьел Типлисалде рачӏине ккола. Гьел руго Нахичеваналдаса, Ланкараналдаса, Талишалдаса, Салйаналдаса, Бакуялдаса, Хъизихъалдаса, Ганжаялдаса, Шакиялдаса, Ширваналдаса, Чӏаралдаса, Илисуялдаса, Къубаялдаса, Дербенталдаса, Табасараналдаса, Хайдакъалдаса, Гӏахъушаса, Гъазигъумекиса, Гъумухъ-Шамхалалдаса, Индиралдаса, Яхсиялдаса, Чергесалъа ва гьединго тӏолабго Кавказалъул агьлуялдаса аскарал. Дица гьезул киназулго амруги дуде тӏамун толеб буго, иншааллагь.\nХадубги, гьал рехсарал аскарал ва дур боял машгъуллъизе ккела исламалъул ракьалдаса гӏурусал нахъе гъеялде ва Аллагьасул дин тӏадегӏан гьабиялде. Гьеб буго дица дудасан тӏалаб гьабулеб жо. Дир дудехун бугеб божиги ракӏчӏейги кӏудияб буго. Гьединлъидал дица дуе кӏвар бугеб гьаб пурман бахъана ва духъе гьебги битӏана, амирзабазулго амир, тарбияталъулги тӏадегӏанаб даражаялъулги бетӏергьан, Аллагьас жидер даража тӏадегӏан гьабеял амир Халил-бегихъ ва гьесул гьалмагъ Ибрагьим-бегихъ. Гьезда цадахъ къуларагъаси Хӏажи Хӏусен-бегги гьединго Къасимги руго. Гьаб тӏадегӏанаб пурман нужехъе щвейгун, мун данделъизе ккола гӏалимзабигун ханзабигун амирзабигун, цере рехсарал кӏиявго амиргун, кӏиявго беггун ва хутӏарал офицерзабигун. Ва дур бугеб ахӏвал-хӏалги гьабулеб хӏаракатги дида лъазабизе ккола. Нужеца тӏад амирлъун те жинде ишара гьабурав… (Гьаб бакӏалдаса бичӏчӏулеб буго гьаб тӏадегӏанаб пурманалдалъун султӏанас цолъарал аскаразул бетӏерлъун Шамил имам толев вукӏин – ред).\nНужги гьесул амруялъухъ гӏенекке. Дуца бажарараб къагӏидаялъ жигар бахъе, Аллагьасул нухда дурго бахӏарчилъиги гъираги загьир гьабун, черхгун-напсги боцӏи-малги бичун, бацӏцӏадаб шаригӏаталъул тӏалабазда рекъон дин тӏадегӏан гьабизе. Щаклъи гьечӏо, гьаб дунялалъул рокъоб дир рахъалдасан дуе гӏемерал харжал ва гьединго шапакъатал-даражаби щвезе рукӏиналда, ахираталда Тӏадегӏанав Аллагьасул рахъалдасан букӏинесеб малъичӏого. Дуда лъай, гьаб дир амру букӏин, ва дуца мугъчӏвай гьабе кӏудияб хӏурматияб гӏаламаталда. Гьалдалъун тана.\nВассалам."}
{"slug": "18146-maskabi-tiokial-khiazhal-ilaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18146-maskabi-tiokial-khiazhal-ilaro", "title": "Маскаби тӏокӏалъ хӏажалъиларо", "date": "2022-06-09 09:13:54", "categories": ["med"], "text": "«Дагъистан» РИАялда ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевагун ва ДРялъул бетӏерав санитарияв тохтур Николай Павловгун дандчӏвана журналистал. Гьениб бицана сахлъи цӏуниялда хурхарал суалазул ва гьанжеялдаса нахъе маскаби рачӏого къватӏире рахъине бегьулеблъиялъул.\n«Ахираб 15 анкь буго республикаялда коронавирусалъ ва пневмониялъ унтаразул къадар дагьлъулеб бугелдаса. Гьебго заманалда вакцинация гьабиялъул кӏварги хун гьечӏо. Кинавниги 1800000 чиясе вакцина гьабизе ккола республикаялда. Жакъаялде щвезегӏан вакцина гьабуразул къадар миллионгун бащдалде бахана. Цадахъаб иммунитет цӏуниялъе нилъее чара гьечӏого хӏажат буго бащдаб лъагӏалида жаниб ревакцинация гьабизеги. Жакъа коронавирусалде данде республикаялда коллективияб иммунитет буго халкъалъул 34 проценталъул. Республикаялъул халкъалда абизе бокьун буго, ревакцинация гьабизе заман щвараз гьеб нахъ бахъичӏого гьабеян. Щайгурелъул июналда коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏине рес бугин абулеб бугелъул инфекционистаз. Улкаялъул цо-цо регионазда унтаразул къадар цӏикӏкӏунебцин буго. Хӏисаб гьабизе ккела гьаб заманалда республикаялде гӏемерал туристал рачӏунел рукӏиналъулги», — ян бицана Т. Беляевалъ.\nН. Павловасги абуна коронавирусалде данде ревакцинация гьабизе кколин анлъ-анлъ моцӏидасан.\n«Ревакцинация гьабизе бегьула «Спутник V» вакцинаялъ. Гьеб гьабуразе рес щола халкъазда гьоркьосеб сертификат щвезе ва квалквал гьечӏого къватӏисел пачалихъазде ине. Сагӏудиязул Гӏарабиялде унезе гьабизе кколеб вакцинаялда гьоркьоб буго «Спутник V».\n«Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас министралда ва бетӏерав санитарияв тохтурасда цӏехана гьанже баккараб «маймалакалъул тӏадерахъи» абураб унти нилъер улкаялде бачӏиналъул хӏинкъи бугищилан. Павловас бицана къватӏисел пачалихъазде хьвадизе ахираб заманалда рес гьечӏелъул, гьеб унтудаса нилъ цӏунун хутӏизе бегьулин. Кин букӏаниги, республикаялдаги хӏадурлъи гьабулеб бугин къватӏиса рачӏине бегьулел унтабаздаса цӏуниялъе.\n«Маймалакалъул тӏадерахъи» бигьаго бахунеб унти гуро. 30 улкаялда 900-ялдаса цӏикӏкӏун чиясде бахунги буго гьеб. Гьезда гьоркьор лъимал ва руччаби цӏакъго дагь гурони гьечӏо. Гӏемераб мехалъ аскӏор цадахъ ругел гӏадамазде гурони бахунебги гьечӏо гьеб. Коронавирус гӏадин балъго гуреб, гьеб унти букӏин берда бихьула, тӏомоде тӏаде жо балелъул.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "18149-rishchnidul-poligonaze-baki-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18149-rishchnidul-poligonaze-baki-gechio", "title": "Рищнидул полигоназе бакӏ гьечӏо", "date": "2022-06-09 09:16:09", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялъул журналисталгун дандчӏвана ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Ибрагьим Ибрагьимов.\nЧара гьечӏого тӏуразе кколел экологиялъул масъалабазда гъорлъ гьес рехсана рищнидул суал.\nИбрагьимовасул рагӏабазда рекъон, рищни-къул бакӏариялда хурхун Сергей Меликовасул тӏадкъаялдалъун гъоркьиса хӏадурана хасаб проект. Гьениб республика бикьун буго лъабго бутӏаялде – северияб, централияб, югалъулаб. Гьелъул щибалда базе буго рищни-къул бацӏцӏад гьабулеб заводги, гьелдаса хадур хутӏарал жал ракьулъ рукъулеб полигонги.\nГьел полигоналги рукӏине руго гьанжесел тӏалабазда рекъон гьарурал. Исана лъагӏалил ахиралде хӏадурун рахъине ккола документал. Гӏага-шагарго 11-12 млрд гъурущ тӏад харж гьабизесеб кӏудияб проект ккола гьеб. Гьединго гӏурухъа рищни бакӏаризе хасал русби росизе руго Малмулкалъулгун ракьул суалазул министерствоялъ.\nБукӏине кколеб куцалда, законалъ тӏалаб гьабухъе гьабураб кӏиго полигон гурони гьечӏо республикаялда – Гъизляралда ва Избербашалда. Гъоркьиса тӏатинабун, бацӏцӏад гьабун буго изну гьечӏого рищни балеб батараб 86 гохӏ.\nМинистрас абухъе, рищнидул масъала тӏубаялда бараб буго нилъехъе инвестор вачӏин-вачӏунгутӏи. Гьеб тӏубачӏого тараб районалде инвестор вачӏинищалиги щакаб жо буго.\nГьанже гьеб суал, гӏицӏго республикаялде рехун течӏого, улкаялъул даражаялдаго тӏубазе бугин бицана Ибрагьимовас.\nГьедин ран рахъун, 2025 соналъул байбихьуде хӏалтӏизе лъугьине ккола рищни бацӏцӏад гьабулел заводалги полигоналги (кинабниги анлъго объект).\n«Гьел полигоназе бакӏ балагьизеги кутакалда захӏмат буго, хасго магӏарухъ. Масала, Бежтӏа участокалъул бетӏерас абуна дуца килищ битӏараб бакӏцин кьезе кӏоларин жинда полигоналъе. Ракьул 50 сотыхцин кӏоларин кьезе, щайин абуни, жив вачӏиналдего яги ричун, яги минаби, тукаби ва цогидаб бан, эркенаб бакӏ хутӏун гьечӏин шагьранухазда аскӏор. Нухазда аскӏорлъидалха полигонал рукӏине кколел. Рощнол 40 тонна баччизе кӏолел машинаби рачӏине руго гьенире. Кватӏичӏого дунго ун, балагьила щиб гьениб ургъизе бегьулебали», — ян бицана министр И. Ибрагьимовас.\nГьеб хъулухъалде ккун чанго моцӏ гурони гьечӏониги, карьеразул суалги цойиде ккезабизе байбихьанин жинцаян абуна гьес. Гьедин батӏибатӏиял карьерал хӏалтӏизаризе 200 лицензия кьун батун буго цӏитарав министрасда. Гьанже инвентаризация гьабидал, баянлъана гьезул 45 карьер хӏалтӏулеб гьечӏолъи. Ракьул категория хисизабизе бажарун гьечӏо гьезул бетӏергьабазухъа (росдал магӏишаталъул кӏваралъул бакӏалда — промышленнияб абун).\nГьединго 36 карьералъул хӏалтӏулъ тӏатана кӏуди-кӏудиял гъалатӏал. Гьез гьел лъугӏизарун руго. Гьединалго гӏунгутӏаби лъугӏизаризегӏан 17 карьералъе гьукъун буго хӏалтӏизе.\nЖеги 13 карьералъе лицензия кьун буго сали бахъизе, 40 лицензия – чабах бахъизе, 90 – гач бахъизе, цо — гипсалъе, 12 – кирпич къотӏулеб хӏарщуе.\nКарьеразулги жидер тӏалабалда гъоркье кколел цогидал объектазулги хӏалтӏуда хадуб халкквезе кватӏичӏого квадракоптерги босизе буго Ибрагьим Ибрагьимовас нухмалъи гьабулеб министерствоялъе цо гьесул гьалмагъас (миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурщиде)."}
{"slug": "18150-shidib-tsiadazul-khiasil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18150-shidib-tsiadazul-khiasil", "title": "Шидиб цӏадазул хӏасил", "date": "2022-06-09 09:22:20", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахирал къоязда рарал чвахунцӏадаз, талихӏалъ, гӏадамазе къварилъи ккечӏо. Амма жагъаллъана шагьранухал, тӏуна токалъул кварал.\nМасала, Лъаратӏа районалда анкьица цӏадалги ран, нух щолеб букӏинчӏо Шидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъе. 8 июналда Лъаратӏа районалдаса щварал баяназда рекъон, гьанже дагь-дагьккун къачӏалел руго гьел нухалги токалъул кваралги."}
{"slug": "18151-tsvetkovkayal-ulaze-futbol-khialeb-majdan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18151-tsvetkovkayal-ulaze-futbol-khialeb-majdan", "title": "Цветковкаялъулазе — футбол хӏалеб майдан", "date": "2022-06-09 09:26:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "8 июналда Гъизляр районалъул Цветковка росулъ рагьана 10 млн гъу- рущги харж гьабун рагӏалде бахъинабураб футбол хӏалеб майдан.\nГьелъие квербакъи ккана «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялъул.\nХӏалтӏул ишалъ Гъизляр районалде щварав ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги гӏахьаллъана гьеб тадбиралъулъ. Премьерас бицана цебехун рехсараб программаялъул кьучӏалда республикаялда анцӏ-анцӏ ФАПалги, школалги, спортивиял объекталги ралел рукӏиналъул хӏакъалъулъ."}
{"slug": "18152-gunukh-rosul-subbotnik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18152-gunukh-rosul-subbotnik", "title": "Гьунухъ росулъ – субботник", "date": "2022-06-09 09:28:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Хӏукуматалъул идарабаз гьабизегӏан балагьун чӏечӏого, росабиги чӏунтизе течӏого, росдал хӏалтӏаби жидедаго тӏаде росулеб лъикӏаб гӏадат буго нилъер жамагӏатазул.\nМасала, гьал къоязда Чӏарада районалъул Гьунухъ росулъ тӏобитӏана шагьаразда гӏумру гьабулел росуцоялги гӏахьаллъараб субботник. Гьез маххул сеткаялъ сверун къана росдал ах, бацӏцӏад гьабуна мажгиталде унеб нух, ганчӏалги нахъе рехун, хӏадурун буго воркаут-площадкаялъе бакӏ, шагьранух ккун гӏебеде лъун руго бецӏцӏун бачӏараб лъим чвахизе рогӏрал. Гьединго боцӏи хъолеб бакӏ гьабизе бухъун буго 20 метралъул манзилалда кьучӏ, бан буго метргун бащдаб борхалъиялъул къед."}
{"slug": "18153-nukh-k-ana-amma-sulakh-k-varil-iyalde-gureb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18153-nukh-k-ana-amma-sulakh-k-varil-iyalde-gureb", "title": "Нух къана, амма Сулахъ къварилъиялде гуреб", "date": "2022-06-09 09:29:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда интернеталда тӏибитӏун букӏана Казбек районалъул администрациялъ Сулахъалъул къварилъиялде машинадул нух къан бугин абураб баян.\nАмма, администрациялдаса щварал баяназда рекъон, къан буго «Миякьо ГЭС – Цӏобокь» абураб нух, гьебги – ГИБДДялъул бихьизабиялда рекъон.\nИсана 13 маялда ДРялъул УГИБДДялъ Казбек районалъул администрациялъухъе битӏараб кагътида хъвалеб буго букӏине кколедухъ къачӏан бахъинегӏан, 14 километралъ халат бахъунеб гьеб нухдасан микьго чиясдаса цӏикӏкӏун чи ваччулеб транспорт биччагейилан.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "18154-bajil-shajikhas-gebzude-akhiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18154-bajil-shajikhas-gebzude-akhiana", "title": "Байил-шайихас Гьебзуде ахӏана", "date": "2022-06-09 09:36:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъаратӏа районалъул Гьебзуда росулъ бугеб Байил-шайихасул хабатӏе зиярат гьабуна республикаялдаги гьеб тун къватӏирги ругел нилъер ракьцояз. Масала, Дальний Востокалъул муфти Рамазан Гӏалиевас, Хабаровск краялъул муфти Мухӏамад-хӏажи Гьитӏиновас ва цогидазги. Кинавниги азаргогӏанасев чи вукӏана гьенив.\nЧуязда рекӏун щиб, лъелго щиб, умумузул заманалдаса байбихьун букӏараб гӏадат кколин Байилшайхасул хабатӏе зиярат гьабиян бицана тадбиралда гӏахьаллъарал гӏадамазе.\nЖидер мухъалда ислам тӏибитӏиялъе Байил-шайихасги гьесул вацасги гьабураб хӏалтӏул бицунаго, гьениб ракӏалде щвезабуна некӏо заманалда гьезул хъизан (щуго вац) бетӏербахъиялъе цогидаб бакӏалдаса рачӏун, гьенир чӏарал чагӏи рукӏараблъи. Цояв вац – Исмагӏил — Чӏадаколо вехьлъун, живго Байил-шайих абуни – гьабсагӏаталда Хидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъ вехьлъи гьабулев вукӏун вуго. Кваназе цо бакӏалде гъун гӏачигун, Байил-шайих рокъов чӏолаанила, гьел гӏачи кирениги унаринги абун. Амма гьел бацӏаз чӏван ратулин, жиндие бадирчӏваял гьаризе лъугьунел боцӏул бетӏергьаби гӏодоре риччазарулаанила гьес, гӏачи ругеб бакӏги бицун. Гьедин балагьизе арал боцӏул бетӏергьабазда рихьун руго берцинго кваналел гӏачиги, гьезда сверун бацӏалги.\nЖидер мухъалда ислам тӏибитӏиялъе Байил-шайихасги гьесул вацасги гьабураб хӏалтӏул бицунаго, гьениб ракӏалде щвезабуна некӏо заманалда гьезул хъизан (щуго вац) бетӏербахъиялъе цогидаб бакӏалдаса рачӏун, гьенир чӏарал чагӏи рукӏараблъи. Цояв вац – Исмагӏил — Чӏадаколо вехьлъун, живго Байил-шайих абуни – гьабсагӏаталда Хидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъ вехьлъи гьабулев вукӏун вуго. Кваназе цо бакӏалде гъун гӏачигун, Байил-шайих рокъов чӏолаанила, гьел гӏачи кирениги унаринги абун. Амма гьел бацӏаз чӏван ратулин, жиндие бадирчӏваял гьаризе лъугьунел боцӏул бетӏергьаби гӏодоре риччазарулаанила гьес, гӏачи ругеб бакӏги бицун. Гьедин балагьизе арал боцӏул бетӏергьабазда рихьун руго берцинго кваналел гӏачиги, гьезда сверун бацӏалги.\nЦоги гьадинаб хӏужаги рехсола гьеб районалъул гӏадамаз. Байилшайихасул хабада аскӏобеги бачӏун, цо гьвеца хъублъи гьабун буго. Гьениса нахъе унаго, цо параялдасан хун буго гьеб гьой.\nЧӏадаколов гӏачиязда вехьлъун вукӏарав Байил-шайихасул вац Исмагӏилги кколаанила гьединавго шайих. Бежтӏа хун вуго гьев. Бежтӏадерие жидерго дова вукъизе бокьилин гьединав шайихилан абун, балъгого гьесул жаназаги молотӏа лъун вачӏунев вукӏун вуго Байилшайих. Цо бакӏалде щведал, хӏухьбахъизеян лъалхъун вуго гьев, малиги гӏодоб лъун. Гьеб мехалда жаназа кӏалъан буго хехлъи гьабейин, бежтӏал хадур гӏунтӏулел ругин абун.\nХадубго гьениб ккарабин бицуна гьадинаб хӏужаги.\nМагӏардаса тӏун бачӏунеб гӏанси, битӏун Исмагӏил-шайихасул жаназе гӏодоб лъураб бакӏалде щведал, кӏибикьун уна. Гьеб буго мунагьал чураяв Даку Асадулаевгун цадахъ Бежтӏаса тӏадруссун рачӏунел артистазул автобус кӏкӏалахъе араб бакӏалда аскӏоб.\nПалхӏасил, кӏиявго вац, кӏиявго шайих вукъун вуго цояв — Гьебзуда, цогидав — Чӏадаколов.\nХасало Байил-шайихасул зияраталда дандбитӏун бугеб магӏарде гӏазу байдал, гьесул сипатги лъугьуна мугӏрул тӏогьиб (ботӏрода чалма къарав чиясул гӏадаб).\nБайил-шайихасул хабатӏе зияраталъ рачӏине санагӏалъиялъе бахъараб нухги буго. Гьенисан нух бахъизе бажарулебищин абун, байбихьуда гьелда къанагӏатавги чи божулев вукӏун гьечӏо. Дагъистаналде нухмалъулевлъун вачӏиналдего, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат хӏисабалда Рамазан Гӏабдулатӏиповас бахъун букӏун буго гьеб. Гьелда тӏадеги, гьес гьабураб ккола зияраталде рачӏарал чагӏи данде ракӏаризе гьениб тӏадхъелги. Гьелда бан Гӏабдулатӏиповасеги баркала загьир гьабуна гьеб къоялъ зияраталде рачӏараз.\nГьанибго ракӏалде щвезабила, Р. Гӏабдулатӏиповасул кӏудияб квербакъи ккана Махӏачхъалаялъул рагӏалда Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб Рухӏияб центр баялъеги."}
{"slug": "18155-turistaze-khiink-i-bugel-bakiazda-tsiar-chivana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18155-turistaze-khiink-i-bugel-bakiazda-tsiar-chivana", "title": "Туристазе хӏинкъи бугел бакӏазда цӏар чӏвана", "date": "2022-06-09 09:52:13", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "6 июналда Унсоколо районалъул Рихьуни росдада гӏагарлъухъ хвасар гьавуна цӏадакьаги рахчун, кьурабалъ кьерун чӏарав 15 турист.\nБуйнакскиялдаса МЧСалъулаз ахӏун бачӏун, гьел ралагьизе къватӏире рахъана Унсоколо районалда бугеб МЧСалъул хӏалтӏухъаби.\nГьелъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Мусаевас «Хӏакъикъаталъе» бицухъе, рихьундерил бегавуласул, росдал гӏадамазул, полициялъул хӏалтӏухъабазул кумекалдалъун бажарун буго туристал рахчун чӏараб бакӏ балагьизе.\n«Къасимех букӏана гьеб. Тӏадежоялъе балеб цӏадги, эхеде ххари- зе гьечӏеб санагӏалъиги, кӏодолъун бачӏани, гӏоралъ росун иналда букӏараб хӏинкъиги. Талихӏалъ, ту- ристазул цо къокъаялда тӏаде кка- на. Цинги гьенибго цӏаги бакун, сордоялъ свине течӏо гьеб туристал квачангутӏизе. Радал байбихьана гьел гӏодоре рачине. Цо ясалъул бохалъе ккун букӏана жагъаллъи. Цогидазе ккараб къварилъи букӏинчӏо.\nРихьундерица боцӏи хьихьулеб кули буго гьениб. Гӏезегӏан берцинаб тӏабигӏатги буго, цоцада хадуб анкьго чвахелоги бугеб. Масала, тӏоцебесеб чвахелоялъул борхалъи буго анцӏго метр. Гьезухъ балагьизе тӏаде рахарал туристал, цӏад базе лъугьиндал, гӏоралъ росун ине гурилан, гъоркье лъугьине хӏинкъун чӏун руго дораго», — ян бицана Гӏ. Мусаевас.\nНахъисеб къоялъго республикаялъул МЧСалъ цӏар чӏвана гьава-бакъалъулги тӏабигӏаталъулги шартӏазда бан туристал хьвадизе хӏинкъи бугеб анкьго объекталда. Гьел ккола Къородисезул Бецӏкъварилъи, Сулахъ Къварилъи, Сулдерил Чвахело, Шалбуздаг, Ярыдаг, Базардюзи мугӏрул, Тобот чвахело, Дюрк нохъо, Къехӏдерил сиял. Гьенире иналде цере МЧСалда хъвай-хъвагӏай гьабизе тӏадаблъун гьабулеб буго гьанжеялдаса нахъе.\nГьеб пикру битӏараблъун бихьулеб буго МЧСалъул цевегосев хӏалтӏухъан Зиявдин Никӏамухӏамадо васдаги.\n«МЧС туристазда хадуб халкколеб идара гуро, батӏаго, унеб бакӏ цебеккунго нижеда лъазабунилан, гьезул шагьи-кепек холеб жоги гьеб гуро. Амма, нагагь гьадаб Рихьуни гӏадаб ахӏвал-хӏалалде ккани, нижеда лъан букӏина хас гьабун кир гьел ралагьизе кколелали»\nГьединал хӏинкъарал бакӏазул сияхӏ жеги халатаб бугиланги тӏаде жубана Зиявдин Никӏаму хӏамадовас. Амма, гьесул рагӏабазда рекъон, гьава-бакъ хисиялдалъунги цогидалдалъунги гьенир кколел балагьал нахъчӏвазе бегьула гьел объектазда цӏуна-къаялъе шартӏал гӏуцӏани. Никӏамухӏамадовас мисалалъе бачана хьергебдерил ГЭС бугеб бакӏалда, ай кьурулъ чӏварал арматураби, гьездалъун гьабураб сухъмахъ.\nГьединго арматураялъул чӏоралги чӏван, туристал хьвадизе бакӏал Къорода Бецӏкъварилъухъги гьаризе бегьулин абураб пикру буго З. Никӏамухӏамадовасул: «Гьеб мехалда, кигӏан цӏад баниги, хӏинкъи букӏунаро туристазе. Сарихум салул гохӏалде рахунеб бакӏалдаги гьабуна туристал хьвадизе хъарщазул нух (борхьазги кьинччазги хӏанчӏиларедухъ). Гьелдалъун Сарихумалде рахин 120 гъурщидалъун хиралъанаха, хиралъеян абе. Чиясе къварилъигӏаги ккезехъин гьечӏелъул. Гьединал цӏуна-къаял гьаризе ккола МЧСалъ сияхӏ бахъарал объектаздаги».\nЗ. Никӏамухӏамадовасул пикруялда рекъон, кисандай шагьи-кепекилан ругел гидаз гьеб хӏалтӏи гьабуларо, гьеб гьабизе ккола хӏукуматалъул даражаялда."}
{"slug": "18156-gielmudul-ral-ad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18156-gielmudul-ral-ad", "title": "Гӏелмудул ралъад", "date": "2022-06-09 09:55:38", "categories": ["history"], "text": "Дагъистаналдаги гьеб бахун къватӏивги машгьурав гӏалим Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясул (рахӏимагьуллагь) хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь къватӏибе бачӏиналда бан, дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда букӏана лъикӏаб данделъи.\nТӏехь гӏуцӏун бугоан гӏалимасул цо-цо мутагӏилзабазул, гӏага-божаразул, росуцоязул, гьесулгун бухьен букӏарал хӏукуматалъул цо-цо хӏалтӏухъабазул ракӏалдещвеяздаса.\nГьеб данде гьабун буго, гьал ахирал соназда исламияб диналъе гӏоло гӏемераб пайдаяб хӏалтӏи гьабулев, Шамил районалъул Къелеб мухъалдаса Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас. Гьесие кӏвараб кумек гьабун буго Султӏанмухӏамадхӏажиясул росуцояв, росдал ва районалъул унгоунгояв патриот, кӏудияв гӏалимасул рухӏияб ирс гӏун бачӏунеб гӏелалъухъе щвезабиялда тӏад хӏалтӏулев гӏолохъанчи Гӏалиасхӏаб Мухӏамадовас.\n…Кӏудияб мажгиталда какалги ран, аскӏоб бугеб цо чӏурканаб кафеялде ракӏарана Султӏанмухӏамадхӏажи вокьулел, гьев лъалев вукӏарал, гьесда цере цӏаларал гӏадамал.\nДанделъи бачана Хирамухӏамадица.\nГьес кӏалъазе рагӏи кьурал Мигӏарсоса Тӏагьахӏажияс, Гъодобериса Ахӏмадхӏажияс, Буртунаялдаса Анварбегхӏажияс, Дагъистаналъул Хӏукуматалъул бетӏерасул тӏоцевесев заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав Набиюла Мухӏамадовас, машгьурав спортсмен, жамгӏияв хӏаракатчи Гӏалиасхӏаб Мухӏамадовас ва цогидазги кӏудияб рокьи-хинлъиялда бицана Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясул гӏадилаб гӏумруялъул, гьесулгун жидерго рукӏарал дандчӏваязул, халкъалъе гьесдаса щвараб рухӏияб пайдаялъул хӏакъалъулъ.\n— 2000 соналъул сентябралда ватӏалъана нилъедаса Дагъистаналъул исламияв гӏалим, кӏудияв гӏакъил, гӏемерал гӏадамазе исламияб нур бикьулев вукӏарав, свалат-салам лъеяв аварагасул гӏелмуялъул ирс босарав Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажи, — ян абуна жиндирго кӏалъаялда Султӏанмухӏамадхӏажиясдаса гӏелмуги тарбия-лъайги щварав гӏалим Тӏагьахӏажияс.\nЖиндирго кӏалъаялда гьес рехсана мугӏалимасул гӏадатлъиялъе, гӏаданлъиялъе ва гъваридаб лъаялъе нугӏлъи гьабулел цо-цо мисалал.\nХадуб бихьизабуна Султӏанмухӏамадил хӏакъалъулъ документалияб фильм. Дие бокьун буго гьанир рехсезе Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмадхӏажи афандияс Султӏанмухӏамадил хӏакъалъулъ абурал рагӏаби.\n— Дида Султӏанмухӏамад лъалаан 1970-абилел соназдасан. Батӏаго дандчӏван, лъай-хъвай гьабунин абизе кканани, дун гӏадинав чи нечезе ккеларищха. Нижер рукъалъул агьлуялда жанив гьев хӏурматалда вукӏана. Дида рагӏана Инхоса Кӏудияс (Гӏабдулхӏамид-афандияс) абулаанила дов кӏалъалеб мехалъ жинда авараг, гӏалайгьи свалату ва салам, кӏалъалевилан кколилан. Гьес гьедигӏанги добе-гьанибе цӏачӏого, бацӏцӏадаб гӏелмуялъул мурадалда бицунилан, жиндирго нафсалде цӏараб жо бицунарилан. Цогиги дица абун тела – нижер округалда, хьиндал кӏкӏалахъ, досде вахунев чи вукӏинего вукӏинчӏо.\nМуфтиясул каламалде тӏаде тӏокӏабги щибха абилеб, гьелдасанги кӏудияб кинаб къимат кьолеб Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясе?\nГьайгьай, дида-жагьилчиясда кӏвезего кӏвеларо гьединав гъваридав гӏалимасе, жиндир тӏолабго гӏумру исламияб диналъе кьурав гӏабидасе къимат кьезе.\nКӏикъого сон тӏубазегӏан хъизан гьабун гьечӏо Султӏанмухӏамадхӏажияс, диналда тӏадчӏеялъе, исламияб лъай босиялъе квалквал гьабизе гурилан.\nДир гӏумрудул бицун талихӏал лахӏзатазул цояблъун рикӏкӏуна дица Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясулгун букӏараб цо дандчӏвай. Дие рес щвана кӏиго-лъабго сагӏаталъ гьесулгун гара-чӏвари гьабизе, гьесие суалал кьезе. Дун жакъаги гӏажаиблъун вукӏуна гьесул букӏараб гӏадатлъиялда. Щиб суал дица кьуниги, гьес гьадин жаваб кьолаан:\n— Гӏумахан, нилъ гӏадинал жагьилал чагӏазда щибха лъалеб, гӏалимзабаз гьадин абулеб бугоха, — ян. Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго Султӏанмухӏамад хведал Харахьиса шагӏир Мухӏамад-Апандица хъвараб назмуялдалъун.\nХвалил хабаралъул хехаб тел бугин,\nТаралищха дуца, Султӏанмухӏамад.\nМагӏил гьаракьалъул Кьохъан сас чӏванин,\nЧӏарабищха дурги сагӏат гӏадаб ракӏ.\nСардил цӏвабияли радал тӏерхьинин,\nТӏерхьарабищха бакъ къалъул гӏужалда.\nКъадарали щолин щивав чиясде,\nЧара гьечӏев гӏалим щай хехго арав?\nДур калам хӏажалъун, хӏежалде гӏадин,\nДухъе рачӏунаан, лъихъе ниж инел?\nКвачгин цӏорой лъарал цӏадухъ рещтӏунин,\nРакӏал загӏиплъарал лъиде руссинел?\nУнго, бухъарабищ мун лъезеги хоб,\nХараблъараб дунял, дур гьечӏеб пайда.\nДурги бахчарабищ бахьинаб гьумер,\nМусрудул пардаваз, нужер биццалъи.\nМагӏарул ганчӏида бикӏун те накъищ,\nЧӏухӏизе рес бугин дур ирсалдаса.\nНаслабазе гӏураб гӏелмуги танин,\nГӏарабияталде рокьиги кьунин.\nМеседил хӏарпаз хъвай хъахӏаб ганчӏида,\nХъахӏаб кагъат гӏадаб гӏумру букӏанин.\nГӏаламго къосунеб къарнуялдаги,\nКъуръан рекъолареб къо дуца течӏин.\nКъотӏулареб гӏорни ралъдахъе инин,\nРалъад гӏадаб гӏелму гӏодобищ телеб?\nГӏадамални инин гӏалимзабахъе,\nГӏалим лъихъе инев ишкал борхизе.\nУнго, гьаб халкъалъе къойил чӏегӏерлъи,\nКъапилаби щола зигара базе.\nЗобалги гӏодулеб магӏирукъ лъунин,\nМагӏица биччараб тагӏзият ккунин.\nБесдаллъана гури гьаб Аваристан,\nИсламалъул гӏалим нуха регӏидал.\nЯтимлъана гури гьал магӏарулал,\nГӏелмабазул устар тӏупаралдаса.\nТӏагӏаталда араб гӏумру гуребги,\nГӏалимал куцанин, кин мун кӏоченев.\nЧи кантӏизе вагӏза гьаби гуребги,\nФатваби хъван тараб таптар киб инеб?\nАлжан насиблъаяв, Султӏанмухӏамад,\nХӏужралъун лъугьаги дуй ракьул бусен.\nМеседил рухӏ босун вуссараб лахӏту,\nХӏалкӏолесул нуралъ гвангъаги дуе.\nГӏумахан ГӏАНДИЙСКИЙ"}
{"slug": "18157-zhak-agi-gortia-l-un-bugo-tiugduzul-kvatsii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18157-zhak-agi-gortia-l-un-bugo-tiugduzul-kvatsii", "title": "Жакъаги гортӏа лъун буго тӏугьдузул квацӏи", "date": "2022-06-09 10:09:51", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Иргадулаб сапаралъ уней йикӏана дун – Хасавюрт районалда бугеб Къамыш-хъутаналъул гимназиялда тӏобитӏулеб поэзиялъул байрамалде. Унел рукӏана Махӏмуд-Апанди Мухӏамадовасул машинаялдаги рекӏун. Гьеб къоялъ тӏоцебесеб нухалда вихьана дида гьев. Гьесул машинаялъуб букӏана кьер-кьерал розаби жанир сокӏкӏараб тӏугьдузул ваза.\nГимназиялда кӏудияб адабгун ва хӏурматгун дандчӏвай гьабуна шагӏирасда. Кавудухъа школалъ- ул нуцӏихъе щвезегӏан эхетарал цӏалдохъабаз хъатчӏвана, ниж жа- нире ун рахъинегӏан. Данделъ- абазул залалде ракӏарун ратана школалъул хӏалтӏухъабиги, учи- тельзабигун цӏалдохъабиги, гьезул улбулги. Бицана Махӏмуд-Апандил гӏумруялъулги шигӏрияб гьуна- ралъулги хӏакъалъулъ. Хӏасраталда рикӏкӏана гьесул асарал ва ахӏана кучӏдул. Цӏалдохъабазул мацӏалъул пасихӏлъиялъги шагӏирасул асаразул магӏнаялъул гъварилъиялъги киналго рази гьаруна.\nТадбиралдаса тӏадруссунел ру кӏана. Дир берчӏвана доб машинаялъубго хутӏараб тӏугьдузул квацӏиялда. «Вахӏ, гьанибеги бачӏана, нахъеги босулеб буго. Щайдай босунго букӏараб? Кидаго жаниб букӏунебцин гуродай… Бихьулищ, шагӏирасе кибго бокьулеб буго берцинлъи», — гьединал пикрабазда йикӏана дун. Добеги нахъеги Махӏмуд-Апандица бицунеб сабураб, магӏнаяб ва пайдаяб харбица сапаралъул халалъи чӏамучӏлъизе течӏо.\nКигӏан дун дандечӏаниги, рукъалъул кӏалтӏе щвезаюна МахӏмудАпандица. Машинаялъуса яхъунаго, дихъе бегьун бачӏана доб квацӏиги. «Цадахъ мухбир ячине кколин абидал, босун букӏана гьаб. Чӏагоял тӏугьдул хехго речӏала, гьал ракӏалде щвеялъе нахъе хутӏила», — янги абун, дихъе квацӏи бегьана. Сапаралдаги, тадбиралдаги, харбида рукӏагоги гьесул вукӏа-вахъиналъ хӏикмалъизаюрай дицаги разиго къабул гьабуна гьеб.\nГьедин байбихьана гьев гьайбатав инсанасулги дирги хадубккун вацлъиялде сверараб гьудуллъи. Гьелдаса нахъе чанги дандчӏвалаан адабияталъул ва ма- данияталъул батӏи-батӏиял тадби- разда. Щибаб дандчӏваялъ гьабула- ан гӏажаибаб асар. Гьадинавгийищ инсан вукӏуневин кколаан ракӏалде. Цӏалулаан гьесул асарал – щибаб цӏияб тӏехь сайгъат гьабулаан гьес дие. Гьенир ратулаан гъваридал пикраби, гӏумруялда хӏажалъулел малъа-хъваял, суалазе жавабал. Бачинин цо мисал.\nГӏажаибаб рокьул дунялалда рекӏел рухӏелалъ угьараб «панаяб хӏухьел» гьурщулеб буго «Хъахӏабросулъа Махӏмуд» абураб кучӏдузул тӏехьалда МахӏмудАпанди Мухӏамадовас. Гьелъул хӏакъалъулъ бицен ккараб мехалда, шагӏирас бицана жиндирго рокьул къиса. «Нижер – кӏиявго шагӏирасул – цӏаралги цого руго, къисматги релълъараб ккана», — ян абуна гьес. «Махӏмудицаго гӏадин, дицаги хъамуна чӏужу, амма Муица гӏадинаб рекӏкӏ гьабичӏо дие Залихаца», — ян тӏадеги жубана.\nЩивав шагӏирасул буго жиндирго хатӏ, гӏицӏго гьесие хасиятаб поэтика, дунялалде хасаб берба- лагьи. Хъахӏабросулъа Махӏмудил хӏакъалъулъ хъвараб поэмаялда Махӏмуд-Апандица хӏалбихьулеб буго шагӏир чӏварав Магьдиласул сипат-сурат рагьизе. Цӏакъго гъорлъе ваккун, гъварилъуде лъугьунев гьечӏониги, поэмаялъул ахиралда шагӏирасул хабада Магьдилас гьабулеб дугӏа цӏаларав чиясда авторас бичӏчӏизабулеб буго чӏвадарухъанасул рекӏел ахӏвалхӏал. Гьебин абуни, расги бигьаяб букӏинчӏо… Тохлъукье гьудулги чӏван гӏумру гьабизе чӏаго хутӏарав Магьдиласул рагӏаби цӏаларасул бадиса магӏу баккизабула шагӏирасул гьунаралъ.\nЦо нухалда Махӏмуд-Апанди вачӏана хӏалтӏуде. «Аскӏоб бугеб бас- маханаялда вукӏана. Рокъое йилъ- лъинарищ мун?» — ан гьикъана дида. Хӏалтӏул къоги лъугӏанин, йилълъинаян жаваб кьуна дицаги. Нухда гьес абуна, госпиталалъул кӏудиясул хӏакъалъулъ макъала хъваларищан абун. Тӏаде щолеб букӏана Ибрагьим Мухӏамадовасул юбилей. Хъвалахаян жаваб кьуна дица. Гьедин ккана госпиталалъул бетӏерав тохтур Ибрагьимилгунги лъай-хъвай. Махӏмуд-Апандида цадахъ щвана гьесул рокъоеги. Гьоркьоб заман ана. Махӏмуд-Апандица абуна, жинца Ибрагьим-хӏажиясул хӏакъалъулъ тӏехь хъвалеб бугин ва дир кумек къваригӏунин абун. Хӏалтӏана тӏехьалда тӏад. Дица цӏалулаан ва гъалатӏал ритӏизарулаан МахӏмудАпандица ракӏарарал гӏурус мацӏалда хъварал макъалабазда. Гьесда цадахъ щвана батӏи-батӏиял гӏадамазухъе ва гьезулгун гьаруна тӏехьалда лъезе гара-чӏвариялги.\nМахӏмуд-Апанди вукӏана гӏажа ибго инсан хирияв чи. Жиндиего гьабураб лъикӏлъиялъухъ, тӏолабго дунял кьезе щваниги, гӏорцӏулароан гьесул ракӏ. Госпиталалда ва цогидал больницабазда регаразухъе яккизе ани, чарагьечӏого гьенив дандчӏвалаан гьев дида. Гьалмагъасул эмен (эбел, яц, вац…) вегизавизе щун вукӏанин абулаан. Цо нухалда ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. Эбе- лалъул сахлъиялъ рахӏатхвезабун букӏана. Дида ракӏалде ккана гьей Ветераназул госпиталалда егиза йизе. Хӏажатал киналго кагъталгун, тохтурасул кабинеталъул кӏалтӏа кӏусун рукӏана эбелги, дунги, вацги. Вачӏана Махӏмуд-Апанди ва гьикъабакъарана. Дирго мурад бициндал, гьес абуна: «Мун йиго хӏалтӏуда йикӏине кколей гӏадан. Дур букӏуна гӏемераб хӏалтӏиги. Дица кинабго тӏубала, мун а дурго хӏалтӏуде», — ян. Гьедин, жеги жинда лъаларев чиясда аскӏой эбелги тун, ине ккана дун.\nБольницаялде эбелалъухъе дун щвезайизеги вачӏунаан гьев. Цо нухалда абуна: «Дица дур эбелалда эбелан абула, Кавсарат. Дур дагӏба букӏинищ гьелда?» — ян. Дир эбе- лалда гьедигӏан берцинаб рагӏи абу- лев чиясде кинаб дагӏба балебилан жаваб кьедал, щакърахун бицана жиндирги эбелалъулги къваридаб къисмат. «Гӏумруялда жаниб кӏицӏул йихьана дида эбел. Эбелан абизе букӏунеб хӏасратха!» — янги абун, кидаго гӏадин, гӏодобе бетӏер къулизабуна Махӏмуд-Апандица. Эбелан ахӏиялда гӏей гьабичӏо гьес – къойилго гӏадин щун ватулаан гьел- де ваккизе. «Гьав щив кколев дур? Хӏакъикъаталдаги дур васищ гьав?» — гьединал суалал камуларо палата- ялда ругел руччабазулин бицунаан эбелалъ дида. Эбелалъги васлъун къабул гьавуна гьев.\nОтпускалда йигей дун, азбаралда квалквадулей йикӏана. Телефоналдасан кӏалъана Махӏмуд-Апанди. Рокъой йигищан гьикъана ва абуна, гьабсагӏат жив вачӏине вугилан. Вачӏана помидоразул цӏураб ящикгун. «Исана дир дачаялда гӏемер помидор бижана, баркаман. Гӏисинаб буго, амма цӏакъ гьуинабха! Дармил чи вукӏаравани, базаралда бичилаан. Садакъа гьабулев вуго», — ян бицана гьес. Кигӏан гьараниги, рокъовеги лъугьинчӏо, багажникалда ругел ящикал щвезаризе кколин багьанаги батун ана.\n«Рокъое йилълъинарищ?» — хӏалтӏул къоялъул ахиралда гьеб суалгун Махӏмуд-Апанди кӏалъаравго, дида лъалаан, гьесул рекӏелъ бухъардулеб пикру бугеблъи. Редукторазул поселокалдаса Сепараторазул поселокалде щвезегӏан бицунаан гьес дие: жиндирго ракӏ лъукъизабурал гьудулзабиян тарал гӏадамазулги, хъвазе ракӏалда бугеб цӏияб тӏехьалъулги, хасаб рекӏел хинлъигун – хъизамалъул ва лъималазул лъималазулги хӏакъалъулъ. «Эбел цо гьечӏониги нилъер, яцлъун йихьула мун дида. Лъала, дуца дир рагӏи къватӏиб бицунареблъи. Чӏамучӏлъулевги ва- тила, тӏаса лъугьа, амма дудагӏаги бицинчӏого, яхӏ гьабизе кӏоларо», — ян абулаан гьес.\nТӏаса лъугьа, вац, дур магӏирокъое щвечӏо дун. Магӏарухъе зигараялъ араб бакӏалда рагӏана гьеб пашманаб хабар. Амма кӏвечӏо ракӏ унтарай эбелалда гьеб бицине. Ракӏ унтун вугин, операцияби гьаризе кканинцин бицине кӏвечӏелъулха… Бицун бата- на цогидаз. Гьеб мехалда эбелалъул бадиса гирана рухӏалил магӏу. Дур дугӏа-гьари бахъараб видео биччала дица гьелъие мех-мехалда. Дуе алжан насиб гьабун батаги, дир васан, гьарула гьелъги. Гьаб ракьалда дуца гьабураб лъикӏлъиялда рекъараб даража кьеги, вац, дуе Аллагьас ахираталда.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "18159-ogegun-egeyazul-k-urbanal-ekzamen-sababl-un-ebel-insul-raki-l-uk-uge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18159-ogegun-egeyazul-k-urbanal-ekzamen-sababl-un-ebel-insul-raki-l-uk-uge", "title": "ОГЭгун ЕГЭязул къурбанал (Экзамен сабаблъун эбел-инсул ракӏ лъукъуге)", "date": "2022-06-09 10:14:36", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Анлъабилеб июналда Казбек районалда ккана талихӏкъараб иш. Живго жинцаго гъанкъун ватана 15 сон барав гӏолилав. Официалияб баяналда рекъон, гӏумрудул къо- лъикӏ гьабиялъе гӏилла ккун буго ОГЭ кьолаго математикаялъе щвараб кӏийилаб. Гьедин буго хвалда цебе гӏолилас хъван батараб тӏанчида.\n— Эбел, тӏаса лъугьа гьадин ккунилан. Щивниги гӏайибияв гьечӏо, дунго гурони». Гьеле тетрадалъул тӏанчида хъван рукӏарал мухъазул къокъаб магӏна.\nАнлъабилеб классалдаса нахъе Дербенталда Кадетазул школалда цӏалулев вукӏарав гьев, ОГЭги кьун, эбел-инсухъе щвезе вачӏун вуго. Гьесул эмен — Калининаулалдаса, эбел — Инчха росулъа ккола. Сагӏат анцӏго тӏубаралдаса нахъе вихьун вукӏун гьечӏо гьезда вас. Гьудул-гьалмагъзабазухъе ялъуни тира-сверизе ун ватилин тун вуго эбел-инсуцаги. Бакъаниде заман гӏагарлъидалги вас рокъове вачӏинчӏеб мехалъ гьев валагьизе лъугьиндал, рукъалда нахъа бугеб гьор гӏадаб бакӏалда живго жинцаго гъанкъун ватун вуго гьев инсуда. Гьадин бицана «Хӏакъикъаталъе», Казбек районалъул «Чапар» газеталъул хӏалтӏухъан Жамиля Гӏабдулахӏитовалъ.\n— Гьединаб жо гьабилин гьесилан лъиданиги ракӏалде ккеларев гӏадав, цӏакъ гӏодобе биччараб хасияталъул вас вукӏана гьев. Эбел-эменги руго гьединалго гӏадатиял гӏадамал. Эмен полициялда хӏалтӏулев вуго, эбел, рукъалъул тӏалабги гьабун, лъималги хьихьун йигей гӏадан йиго. Ункъо лъимер буго гьезул. Мухӏамад (цӏар хисизабун буго) бищун кӏудияв вукӏана.\nМатематикаялъул ОГЭялъул хӏасилал лъан кӏиго къо бан букӏун буго. Лъидениги гӏайиб гьабулеб гьечӏин, тӏаса лъугьайин дида, нужер рекӏел нияталда рекъон, дица мурад тӏубачӏолъиялдасаян хъван батун буго гьес кӏичӏикье габур ккезабилалде цебе хъвараб тӏанчида.\nЛъарас лъараб бицунеб буго гьанже. Цояз булеб абуго ОГЭялъе кӏийилаб щун букӏун рагӏуларин гьес, кӏиабилезул пикруялда, гьес жиндирго гӏумруялде квер борхиялъе гӏилла цогидаб рагӏула. Лъаларо, лъалев Аллагь вуго. Амма, кин батаниги, талихӏкъосараб, ургьимес туризабулеб хабаралъ ракӏал пашман гьаруна киназулго. Гъаримал эбел-инсудаги цӏакъ ракӏ гурхӏана. Гьанже гьезие къуват кьеги васасул рухӏалица къвагъизабураб рекӏелъе сабру рещтӏине, — ян бицана Ж. Гӏабдулахӏитовалъ.\nРеспубликаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ, хварасул эбел-инсуда зигара бана гьеб хабар рагӏун хадуб.\nКиналго эбел-инсуде гьари бугин жидерго лъималазда тӏаса бер босугеян абулеб буго гьез зигара бараб кагътида. Лъимадухъа бажаруларин тӏаде бачӏараб захӏмалъиги ккарал гӏунгутӏабиги къезарун. Гьелгун къеркьезе нилъеца кумек гьабизе кколин гьезие.\nГьедин гьез ахӏи балеб буго республикаялъул киналго школазул хӏалтӏухъабаздеги. Цохӏо цӏалул сон лъугӏизегӏан гуребги, экзаменал тӏаде щвараб гӏужалъги лъималазда психологиялъул рахъалъ кверчӏвазе хӏаракат бахъейин абун.\nЖалго жидецаго лъимал чӏварал хӏужаби ахираб заманалда гӏемерлъулел руго республикаялда. Араб анкьалъ живго жинцаго гъанкъун ватун вукӏана Махӏачхъалаялъул промышленниябгун экономикияб колледжалъул студентги. Гьединго гъоркьиса, ЕГЭялъул заманалда жиндирго гӏумруялде квер борхун букӏана Шамилхъалаялда гӏумру гьабун йигей гӏолилалъги.\n«Хӏакъикъат» газеталъги зигара балеб буго хварав васасул эбел-инсуда. Цӏакъ ракӏ гурхӏараб, талихӏкъосараб иш ккана. Аллагьас нахъе ругезе гӏумру кьеги, гӏун бачӏунеб гӏелги гьединал талихӏкъарал ишаздаса цӏунун хутӏаги.\nА. Юсупов"}
{"slug": "18160-l-aj-gechioni-khiasil-kkolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18160-l-aj-gechioni-khiasil-kkolaro", "title": "Лъай гьечӏони, хӏасил кколаро", "date": "2022-06-09 10:15:51", "categories": ["obrazovanie"], "text": "ДГМУялъул ректорлъун Висимпаша Ханалиев тӏамуралдаса анкьго моцӏ гурони гьечӏо. Гьев ккола жиндир заманалда гьеб тӏадегӏанаб цӏалул идара лъугӏарав ва гӏемерал бакӏазда хӏалтӏун хӏалбихьи щварав тохтурги гӏуцӏарухъанги. Къокъабго заманалда жаниб щибха бажарараб?\nТӏоцебесеб иргаялда, цӏияв ректорасда кӏвана гъункараб, церечӏарал масъалаби тӏуразаризе кӏолеб коллектив гӏуцӏизе, медуниверситеталда ришватчилъиялъе бакӏ букӏине гьечӏин абураб пикру киназдаго рагӏизабизе. Медуниверситеталда преподавателазул ва студентазул цӏалудехун бугеб бербалагьи дагьдагьккун лъикӏаб рахъалдехун сверулеб букӏин бихьизабулел гӏемерал хӏужабазул цояблъун рикӏкӏине бегьула тӏоцебесеб июналда гьениб тӏобитӏараб тадбирги.\nРекторасулгун ва деканазулгун букӏараб данделъиялде ахӏун рукӏана цӏалул хӏасилал цӏакъго загӏипал студентал ва гьезул эбел-эмен. Гьениб ректорас бицана цӏалул рахъалъ бугеб ахӏвалхӏалалъул хӏакъалъулъ, студентал ахӏана къваригӏел гьечӏел ва хӏасил кколарел хиялалги тун, тӏахьалги росун, цӏалуда тӏадчӏезе. Эбел-ин- судаги гьес гьарана, гӏарцудалъун ялъуни лъил бугониги рагӏудалъун тӏуралин ккарал чӏорогоял хьулалги тун, лъималазда хӏакъикъат бичӏчӏизабеян. Гьебго пикру загьир гьабуна кӏалъазе рахъарал батӏибатӏиял факультетазул деканазги.\nГьаб цӏакъ кӏвар бугеб тема букӏинги хӏисабалде босун, редакциялъул хӏукму ккана цоги нухалда гьелде тӏадруссине ва гӏатӏидго гьелъул хӏакъалъулъ хъвазе.\nГӏ. Гӏабашилов"}
{"slug": "18161-kochiolab-chiarada-moskvayalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18161-kochiolab-chiarada-moskvayalda", "title": "«Кочӏолаб Чӏарада» – Москваялда", "date": "2022-06-09 10:24:39", "categories": ["lit"], "text": "10 июналда Москваялда байбихьараб «Россия — Вселенная звука» абураб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб фестивалалда гӏахьаллъана «Кочӏолаб Чӏарада» хорги. Хоралъ кучӏдул ахӏана лак, лезги, дарги мацӏазда, амма аслияб репертуар гӏуцӏун букӏана магӏарул мацӏалда.\nМоскваялда рукӏаго, хоралъул нухмалъулезги гӏахьалчагӏазги рихьизаруна мастер-классалги. Гьенир тӏоритӏана миллияб маданияталъул выставкабиги, «Мадугьаласул хӏакъалъулъ дуда щиб лъалеб?» абураб социалияб цӏех-рехги."}
{"slug": "18162-l-ikil-iyal-ul-g-amas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18162-l-ikil-iyal-ul-g-amas", "title": "“Лъикӏлъиялъул гъамас”", "date": "2022-06-09 10:26:58", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Махӏачхъалаялда, “Европа” залалда, тӏобитӏана лъималазе сайгъат гьабураб “Лъикӏлъиялъул гъамас” абураб тадбир. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна батӏи-батӏиял районаздаса, шагьараздаса бесдаллъималаз ва Сириялдаги Гӏиракъалдаги эбел-эмен хутӏарал лъималаз.\nГьеб тӏобитӏизе квербакъана ДР ялъул гражданияб жамагӏат це бетӏезабиялъул советалъ. Лъималазе байрам тӏобитӏиялъулъ гӏахьаллъи гьабуна “Инсан” фондалъ ва “Бесдалал гьечӏеб Дагъистан” гӏуцӏиялъ. Гӏарцулал сурсатаздалъун квербакъи гьабуна ДРялъул нотариусазул советалъ, ДРялъул нотариалияб палатаялъул президент Шамсудин Жалаевас ва гӏадатиял гӏадамаз.\nТадбир нухда бачана Раисат Гӏусмановалъ. Лъималазда байрам баркана Зайнаб Махаевалъ, Зульфияца, Хадижат Ибрагьимовалъ, “Шунудагъ” ва “Махӏачхъала” лъималазул кьурдул ансамбляз. Гьаруна батӏи-батӏиял хӏаял, къецал, викторинаби. Жигараб гӏахьаллъи гьабуразе “Лъикӏлъиялъул гъансиниса” кьуна сайгъаталги.\nАмма бищунго аслияб, киналго лъимал паналъизарураб сайгъат гӏуцӏарухъабаз хӏадурун тун букӏана тадбиралъул ахиралда гьабизе: кьер-кьерал машинабаздаги рекӏинарун, лъимал рачана шагьа- ралъул къватӏахъ свери бахъизе.\nМ. МАНАПОВ"}
{"slug": "18163-chiagoyab-kuru-giadav-giuradasa-surak-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18163-chiagoyab-kuru-giadav-giuradasa-surak-at", "title": "Чӏагояб кьуру гӏадав Гӏурадаса Суракъат", "date": "2022-06-09 10:28:28", "categories": ["insan"], "text": "Щивав магӏаруласда кӏочонаревлъун хутӏана живго гӏадаб борхатаб гьаракьалъ жеги эхедегӏан гьев гьавулеб гъаракул тӏагъуралъги гӏагараб миллат кӏодо гьабулев, гьелъул тӏалабазда вортанхъулев, чӏагояб кьуру гӏадав Гӏурадаса Суракъат Асиятилов.\nСуракъатилъ букӏана Дагъистаналъул халкъалъе хасиятаблъун бугеб гӏакъиллъиги, яхӏ-намусги, тарихалде арал бахӏарчиял умумуз нилъехъе кьун тараб жидерго такрарлъиги… Жакъа гьеб такрарлъилъунги умумузе мустахӏикъавлъун лъугьарав Суракъатил цӏарги къанагӏатаб гьесул хӏаракатчилъиги даимлъиялде ана. 10 соналъ Дагъистаналъул парламенталде халкъалъ вакил гьавурав, унго-унгояв депутат гьев вукӏиналъе гӏиллалъунги гьесул захӏматалъулги хӏаракаталъулги хӏасилал ккана: Суракъат ракӏалде щвезавула щибаб нухалда ДРялъул байрахъ борханщинахъе, гьесул хӏаракаталдалъун жинда гӏурччинаб мухъ – Дагъистаналъул халкъазе исламалъул кӏвар букӏиналъул гӏаламат бихьидалги, жиндирго гӏагараб районалда имам Шамилил цӏар лъеялъги. Гьесул берги, кверги, хӏетӏги щолаан гӏадатиял, тӏадчагӏазде хӏажалъи ккарал мискин-пакъиразухъеги, пенсионеразухъеги, чияр цӏобалде ккаразухъеги. Гьеле гьединал ишазин 2000 соналда гьарурал социологиял цӏехрехазда халкъалъ гьев рикӏкӏарав республикаялъул бищун лъикӏав депутатлъун.\nКӏиабилеб июналда республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Суракъат Асиятилов гьавуралдаса 90 сон тӏубаялъул юбилеялда хурхараб тадбир. Гьеб нухда бачарай библиотекаялъул отделалъул заведующая Патӏимат Муртазагӏалиевалъ бицана Суракъа- тица республикаялъул гӏумруялъулъ тарал лъалкӏазул хӏакъалъулъ. Гьединго тадбиралда кӏалъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Ахӏмадов Сайгидахӏмад. Гьес бицана Суракъатил хаслъабазул, Дагъистаналъул та- рихалда гьесул цӏар даимго хутӏизе букӏиналъул хӏакъалъулъ.\nГӏенеккаразе асар гьабулеб кӏалъай букӏана муфтиясул заместитель Мухӏамадрасул Сагӏадуевасул. Гьес бицана Асиятиловас Дагъистаналъул диниял церехъабазе гьабулеб букӏараб кверчӏваялъул ва кумекалъул. Гьединго гьеб дандеруссиналда кӏалъана Халкъияб Собраниялъул экономикаялъулгун бюджеталъул комитеталъул председатель Ильясов Марат, аграрияб политикаялъул комитеталъул председателасул заместитель Патхӏулаев Мухӏамад, сахлъи цӏуниялъул, захӏматалъул ва социалияб политикаялъул комитеталъул председатель Маммаев Ильяс, гьебго комитеталъул председателасул заместитель, эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион Мухӏамадов Мухӏамад, экономикияб, инвестициязул ва предпринимательлъиялъул комитеталъул председатель Гӏалиев Сефер, промышленносталъул, ЖКХялъул, транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул комитеталъул председатель Умавов Юсуп, ДГУялъул, Суракъатица нухмалъи гьабулеб букӏараб Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялъул заведующий, тарихиял гӏелмабазул доктор Гӏумаров Гӏабдулкъадир, ДРялъул Спорталъул министерствоялъул вакил Махӏачев Халидбег, «Гьидалъа магӏарулав» абураб тӏехьалъул автор, республикаялъул литературиял журналазул бетӏерав редактор Ахӏмадов Мурад, ДРялъул халкъияй шагӏир Мухӏамадова Сабигат ва гӏемерал цогидалги.\nСуракъат кӏодо гьавизе данделъаралщиназе ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьесул вац, гӏаданлъиги гӏадатлъиги жиндилъ бессарав, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор Гӏабудало Асиятиловасги, Суракъатил вас, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Асиятиловасги.\nКиназдаго цебе эхетун букӏараб, цо — жиндир хӏакъалъулъ, цогидаб – жинцаго хъварал тӏахьазул выставка-стендалъухъги ялагьун, Суракъатилъ миллаталъул бахӏарзал рихьулей йикӏарай дир пикрабаз, гьесул сураталъухъ, кьуруялъухъ гӏадин, гъоркьа тӏадеги ялагьун, абулеб букӏана: «Мун гӏадав гьечӏони, Аллагьас жинда кодоб халкъалъе гӏоло гъулбас гьабизе къалам кодобе кьурав магӏаруласул пайда щибха, Суракъат!» — илан.\nТубхӏат ЗУРГЬАЛОВА"}
{"slug": "18295-fapazda-sverukh-tsiekh-rekh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18295-fapazda-sverukh-tsiekh-rekh", "title": "ФАПазда сверухъ цӏех-рех", "date": "2022-06-17 07:56:32", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ байбихьун буго Цӏунтӏа районалъул ФАПазда хурхун уголовнияб дело гьабизе.\nГьеб сюжеталда бицухъе, чи сах гьавиялъе рукӏине кколел шартӏал ФАПалда гьечӏолъиялъ сакъатлъи ккун буго чанго соналъ цебе квер къотӏарав гӏолохъанчиясе.\nЦӏех-рехчагӏаз лъазабулеб буго жидеца гьеб ФАПалъул халги гьабунин, гьелъул хӏалтӏухъабазухъа суравги босанин, дарабиги цогидаб къайи-цӏаги гьениб чӏезабизе тӏаде босарал чагӏазул гӏайиб чӏезабизе баяналги ракӏарулел ругилан.\nКвер гӏажизлъарав гьев гӏолохъанчиясего гӏадин, заманалда медицинаялъул кумек щвечӏел, щваниги, щвалде щун сах гьаризе бажаричӏел хӏужаби гӏезегӏан кколин жидер районалдаян бицана «Хӏакъикъат» газеталъе Цӏунтӏа райсобраниялъул депутат ва Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулев Мухӏамад-Рамазан Гӏабдукаримовас.\nГьес бицухъе, гьенир ФАПазул гӏемерисел руго тӏаса-масаго рарал, жагъаллъарал. Гьединго жаниб лъураб къайиги буго бека-биххараб яги гьезего гьечӏо.\n— Дагьабго мадараб хӏалалда ругин абизе бегьула Миллияб проекталда рекъон, 2019 соналда рарал ФАПал, — ан бицана Мухӏамад-Рамазаница.\n— Амма гьенирги руго гӏунгутӏаби – бачараб лъимги гьечӏо, хинлъиги гьечӏо, санузел гьабизеги кӏочон тун буго. Тохтурзабазе къваригӏарал алатазул бицинего бицинарин. Килщаз, квераз квалун балагьулеб буго чиясул унтараб бакӏ.\nАнестезиолог гьечӏо нижер районалда. Апендициталъул унти чӏварав чи балагьун чӏезе ккола Агъвалиса яги Лъаратӏаса бахъарав тохтур тӏаде щвезегӏан. Дир вас микьго сагӏаталъ чӏун вукӏана гьедин, унтиги хӏехьон. Гьеб заманалда жаниб беццаб бакьги бихъана.\nЯги босе гъоркьиса бан лъугӏараб районалъул больница. Гьанжеялдего бортун бачӏунеб буго къадаздаги болъабаздаги ккураб кафель. Кӏиго моцӏ буго гьелъул бетӏерав тохтурлъун гӏезегӏан лъай бугев гӏолохъанчи тӏамуралдаса. Амма гьесие ирсалъе щун руго 445 млн гъурщил налъаби. Кин гьес гьел рецӏизе ругел?\nГьединабго хӏал буго школазда, нухазда, токалъул магӏишаталда ва цогидалда хурхунги. Масала, некӏого басралъарал токалъул хӏубалги, тӏаса чӏикӏарал таликуналги руго бакӏ-бакӏазда далун. Масала, дагьалъ цеве цо гӏолохъанчиги хвана токги кьабун.\nНилъерго лъималазеги нилъеегоги рукӏине гурищ школалги больницабиги ралел, нухалги рахъулел. Рагӏа-ракьанде щвезабизе ккеларищ гьабулеб хӏалтӏи? Фашистаздехун гӏадаб бербалагьи буго бихьизабулеб.\nГьеб киналдаго хадуб халкквезе тарал пачалихъалъул идараби кире ралагьун ругел?\nГьабсагӏаталда Шагьикь росулъ балеб школаги гьединго неда-гъедон, тӏаса-масаго баладай абураб хӏинкъи бачӏунеб буго. Цӏумадаса Ахӏмад Давудовас рарал объектаздехун тӏадкӏалъай букӏунаро. Гьединал ракӏбацӏцӏадал чагӏазда тӏад щай къаларел гьединал ишал?\nГьелги цогидалги суалал цере лъезеги дандразеги ДРялъул бетӏер Сергей Меликов Цӏунтӏе ахӏулев вуго гьеб районалъул жамагӏатчагӏаз."}
{"slug": "18297-4000-chiyase-bikana-plov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18297-4000-chiyase-bikana-plov", "title": "4000 чиясе бикьана плов", "date": "2022-06-17 07:58:46", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Украинаялъул Запорожье областалъул Бердянск шагьаралда, пловги гьабун, ункъазарго чи кваназавуна гьанжегӏагар нилъер ракьцояв, Болъихъ районалъул Муни росулъа бизнесмен Гъазимухӏамад Гъазимухӏамадовас.\n— Гуманитарияб кумекгун, дове инилан ракӏалде ккун букӏана дида. Цо къоялъ дир лъалев депутат кӏалъан вачӏана плов гьабизе Украинаялде вилълъине бокьилищин абун. Валлагь, бокьилилан, къватӏиве вахъана дун. Босана кӏудияб анлъго хъазан-хьагги, 3500 гъадароги, щвана Бердянскиялде. Амма нижее гьел гъудрул гӏечӏо. Гьединлъидал целлофаналъул къучӏбузухъе банги бикьана плов. Нилъер дора ругел рагъухъабаз инкар гьабуна кваназе – цин шагьаралъул гӏадамал кваназарейилан чӏана гьел, — ян бицана Гъазимухӏамадовас.\nГъазимухӏамадида цадахъ букӏана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Ризван Къурбановасул къокъаги (33 фура цӏураб къайи), Сагӏудиязул Гӏарабиялъа бачӏараб гуманитарияб кумекги.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "18299-dag-istangi-giakhall-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18299-dag-istangi-giakhall-ana", "title": "Дагъистанги гӏахьаллъана", "date": "2022-06-17 08:02:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "15 июналда Санкт-Петербургалда байбихьана халкъазда гьоркьосеб экономикияб форум (ПМЭФ). Гьелъул аслияб тема ккола – «Цӏияб дунял – цӏиял ресал» абураб. Дунялалдаго лъугьарал хиса-басиязда рекъон цӏияб экономика гӏуцӏулеб къагӏида бихьизабула гьелъ. Пе- тербургалъул экономикияб форумалда Дагъистаналъул делегациялъе бетӏерлъи гьабулеб буго республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас.\nФорум байбихьилалде Дагъистаналъул бетӏер щвана Ленинградалъул блокадаялъул къурбаналлъун лъугьарал гӏадамазул хӏурматалда ракӏалде щвеялъул комплексалде. Гьенив вукъун вуго блокадаялъул заманалда шагьар цӏунарал бащдаб миллион чи, гьездаго гьоркьор — 1200 дагъистаниявги. Гьел ккола Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бищунго кӏудияб вацлъиялъул хабзалал.\nИсана 25-абилеб нухалда тӏобитӏулеб «Экспофорумалда» Дагъистаналъ тӏоцебесеб нухалда буго гӏахьаллъи гьабулеб. Экологиялда, гӏелмуялда, телекоммуникациязда, маданияталда, туризмалда, нухазул инфраструктураялда хурхараб 15 къотӏи-къай гьабизе буго гьениб нилъер республикаялъ. Къотӏикъаял гьаризе руго ВТБ (ПАО) банкалъулгун, «Сбербанкалъулгун», «Газпром» компаниялъулгун, «РЖД» ОАОялъулгун. Гьединго форумалда Дагъистаналъ къотӏикъай гьабизе буго Коми ва Калмыкия республикабазулгун.\nСергей Меликов форумалда дандчӏвазе вуго «Российский экологический оператор» ППКялъул директор Денис Буцаевгун ва «Российская система качества» АНОялъул нухмалъулев Максим Протасовгун ва цогидалгунги.\nП. Мухӏамадова"}
{"slug": "18302-tso-turist-k-adaralde-shchvana-shchugoyal-khvasar-garuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18302-tso-turist-k-adaralde-shchvana-shchugoyal-khvasar-garuna", "title": "Цо турист къадаралде щвана, щугоял хвасар гьаруна", "date": "2022-06-17 08:04:20", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "14 июналда Шамил районалъул Микьигьориб ккана пашманаб лъугьа-бахъин. Туристал рекӏараб машинаялъ гьабуна авария.\nГьелъул хӏасилалда машина бачуней йикӏарай чӏужугӏадан бакӏалдаго хвана. Гьелда цадахъ вукӏарав 11 сон барав вас райбольницаялде хъамуна. Гьесул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏин абуна тохтурзабаз.\nРулалда нахъа йикӏана 1981 соналда гьаюрай Протасова (Денисова) Евгения Сергеевна. Больницаялде ккарав вас ккола Ставрополь краялдаса.\nДагьал церегӏан къоязда Шамил районалъул Гьолокь росулъги дагьалъ хутӏана талихӏкъараб иш ккезе.\nТуристал рекӏараб резиналъул раса Авар гӏурухъ гъанкъизе бахъана.\nЭкстремалияб тайпаялъул туризм бокьулеб къокъа, Авар гӏурухъан рачӏунаго, гьезул цояв лъелъе вортана. Гьев хвасар гьавизе кӏанцӏана гьел цӏунизе цадахъ вукӏине кколев чи.\nТадбир гьабизе чиги гьечӏого хутӏараб раса, гӏоралъ цебе хъамун унеб букӏана. Гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, гьудулзабигун хӏухьбахъуда вукӏарав Мухӏамадхан Хӏажимухӏамадовасда бихьана гьеб кинабго ва туристал хвасар гьаризе кӏанцӏула. Амма цӏакъго гӏедерго чвахулеб гӏор сабаблъун, гьесул рес кколаро гьезда тӏаде ине. Къватӏивеги вахъун, цин велосипедалда, хадуб машинаялда, гӏурул рагӏал ккун гьезда хадувги вортун, цӏидасанги кӏанцӏула Мухӏамадхан гӏурулъе ва туристал хвасар гьарула.\nМухӏамадхан Хӏажимухӏамадов ккола ДРялъул МВДялъул наркотиказда хадуб халкколеб хъулухъалъул хӏалтӏухъан."}
{"slug": "18303-zakonal-rakh-ilalde-tsin-khalk-al-ukh-gienekkizin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18303-zakonal-rakh-ilalde-tsin-khalk-al-ukh-gienekkizin", "title": "Законал рахъилалде, цин халкъалъухъ гӏенеккизин", "date": "2022-06-17 08:12:26", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул рахъалъ Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председателасул заместитель Гӏабдулвахӏид Лабазанов дандчӏвана Гъизилюрт районалъул Акнада ва гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел ракьазда ругел Хунзахъ, Казбек, Унсоколо, Гумбет районазул цо-цо росабазул вакилзабигун.\nДепутатас хӏисаб кьуна гъоркьиса октябрь моцӏалдаса жакъа къоялде щвезегӏан гьабураб хӏалтӏул, бицана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул законал рахъиялъулаб хӏаракатчилъиялъул, парламента лъул комитетазул ва депутатазул фракциязул хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьес мухӏканал баянал кьуна ахираб заманалда Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал цо-цо кӏвар цӏикӏкӏарал законазул проектазда ва гьезулъ гьарурал хиса-басиязда хурхун. Тӏадчӏей гьабуна росабазул му- ниципалиял гӏуцӏабазул, хъутабазул ракьазул статусалъул хӏакъалъулъ рахъарал ва рахъизесел законазул проектазда.\n«Кигӏанго бокьичӏониги, Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал законазулгун хӏукмабазул тӏаса-масагоябцин лъай-хъвайги гьабичӏого, гьас-дос бицунеб рагӏа ралда рекъон къимат кьолеб буго гьезие. Гьедин кколеб буго гьел законал газетазда ва электрониял информациялъул алатазда рахъулел ругониги. Гьел цӏалулел гьечӏо. Гьединлъидал, хӏажат буго халкъалда гьеб бичӏчӏизабизе», — ян абуна Гӏ. Лабазановас.\nБузнаса нухги хъутанчагӏазул кьоги\nГьесги Акнаде гьабураб сапаралда цадахъ вукӏарав Дагъистаналъул халкъияв артист, композитор Каримула Гӏабдулаевасги данделъаразе бицана умумузул «Бузнасан нух» абураб жамгӏияб проекталъул, магӏарул районазе гьеб бахъун лъугӏидал букӏине бугеб санагӏалъиялъул, цо-цо районазул росабазул гӏадамаз нухлуе гьабулеб гӏарцулаб садакъаялъул. Гьез Акнада росдал гӏадамалги, хъутабазул росабалъ гӏумру гьабун чӏаралги ахӏана гьеб кири цӏикӏкӏараб ишалъулъ гӏахьаллъизе.\nХадуб Акнада росдал администрациялъул минаялъуб Гӏабдулвахӏид Лабазановас тӏаде къабул гьаруна жидерго росабазул хӏажалъабазул бицун рачӏарал гӏадамалги. Гумбет районалъул «Гьудуллъи» СПКялдаса рачӏарал Гъазимухӏамад Гъазимухӏамадовас, Мухӏамад Хӏажиахӏмадовас ва Мухӏамад Мухӏамадовас депутатасда гьарана хъутаналда бугеб росулъе газ бачиналъе квербакъи гьабеян. Гӏи гочунаго нухда ратулел квалквалазул ва акнадисезул кьо къачӏазе хӏажат букӏиналъул бицана Казбек районалъул «Буртунай» СПКялъул вехь Мухӏамадовас. Депутатас рагӏи кьуна гьел суалал жиндирго хъаравул- лъиялде росизе.\nХадув депутат щвана «Акнада» СПКялъул магӏишаталъ пиринчӏ бекьизе 200 гектаралда ракь хӏадурараб участокалде. СПКялъул нухмалъулев Юсуп Хӏажимухӏамадовас бицухъе, тӏасияб соналде пиринчӏ бекьизелъун жеги 200 гектар ракьул хӏадуризе ракӏалда бугоан гьезда. Тӏадран унел руго хӏадурараб 200 гектар лъедалъун хьезариялъе гьарулел хӏалтӏабиги. Западалъул санкциязул шартӏазда нилъерго росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезари кӏвар бугеб ишлъун кколин абуна Гӏ. Лабазановас, СПКялъул хӏаракатчилъиялъе лъикӏаб къиматги кьун.\nХадуб гьес ва цадахъ рукӏараз хал гьабуна лъебергогӏан соналъ цебе биххараб, Акнада росдада нахъа бугеб, хъутабазул магӏишатазде ва жалго акнадисезул азарго гектар бекьизе бегьулеб ракьул бугеб рахъалдехун каналалда тӏасан лъун букӏараб кьоялъул. Цебеккун Акнада росдал вакилзабаз депутатасда гьарун букӏана гьеб кьо къачӏаялде республикаялъул идарабазул кӏвар буссинабеян.\nГӏабдулвахӏидица бицана кьо къачӏаялъул суал жинца Дагъистаналъул транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул министр Жамбулат Салавовасулгун ва «Минмелиоводхоз» ФГБУялъул директор Залкип Къурбановасулгун дандбанилан.\nГьабсагӏат унел руго Акнада росдада ва хъутабазул магӏишатазда гьоркьоб бугеб канал хӏариялдаса ва рищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабиялъул, каналалъул рагӏаллъаби щула гьариялъул хӏалтӏаби. Гьеб каналалда тӏад руго цебегоялдаса жидедаса пайда босуларел, хӏажат гьечӏел, бащдал риххарал кьоялги. Залкип Къурбановас рагӏи кьуна къачӏазе хӏисабалде босараб щуго кьоялда гьоркьобе акнадисезул кьоги бачине.\nГьев мукӏурлъана гьеб кьо гӏицӏго Акнада росдае гуребги, гьеб рахъалдехун ругел хъутабазул 20-гӏанасеб магӏишаталъеги гӏибоцӏул нигӏматал, хур-хер баччизеги къваригӏунеб букӏиналъе.\nБаянаб букӏахъе, районалъул яги Акнада росдал администрациязул бюджетазда гьеб кьо къачӏаялъе биччазе гӏарац букӏунаро. Кьойин абуни, тӏубанго биххизеги биххун, цӏидасан базе кколеб хӏалалда буго. Гьединлъидал, хӏажат буго цӏидасан гьеб баялъул иш Россиялъул миллиял проектазул данде кколеб про- граммаялда гъорлъеги бачун, базе. Исанаго бегьилаан кьоялъе про- ект гьабизе, тӏасияб соналъ гьеб программаялде гьоркьобе ккеялъе тадбиралги гьаризе. Амма гьеб бараб буго Гъизилюрт районалъул ва Акнада росдал администрациязул нухмалъулездаги – гьез тӏадкӏалъай гьечӏеб хӏалалда ва жиндир заманалда хӏадуризе ккола хӏажатал документал. Депутатас рагӏи кьун, гьасда-досда кӏалъан тӏубалеб хӏалтӏи гьеб букӏунаро, цоги нухалъ абуниги, хӏадуризе ккола кагътазул «бухча», — ян бичӏчӏизабуна Лабазановас.\nГьелдаса хадуб иш рагӏалде бахъинабиялъе хъаравуллъи чӏезабизе рагӏиги кьуна гьес.\nЛъимал кин кваназарулел ругел?\nАкнаде гьабураб сапаралъул ахиралда депутат щвана росдал школалде, лъай-хъвай гьабуна цӏалул соналъул ахир кин унеб бугебали, цӏалдохъабазе квана-гьекъей гӏуцӏун бугеб куцалъул, кӏвар буссинабуна богогьабазул лъай борхизабизе ва гьелъие нугӏлъи гьабулел сертификатал гьезул рукӏине ккеялде, хӏадурулеб кванил, кинабго рахъ хӏисабалде босараб сияхӏ букӏин абизе, кванил нигӏматал чӏезариялде ва гьел санитариял тӏалабазде данде кколедухъ цӏунизе хӏажат букӏиналде.\nДепутатас Акнаде гьабураб сапаралда гӏахьаллъана гьесул кумекчи Идрис Идрисов, Гъизилюрт районалъул росдал магӏишаталъул Управлениялъул жавабияв хӏалтӏухъан Мухӏамад Гӏумаров, «Акнада» СПКялъул нухмалъулев Юсуп Хӏажимухӏамадов, «Акнада росу» муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Ахӏмад Гӏабдулхаликъов.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "18304-shamaj-kh-azanbieva-laureat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18304-shamaj-kh-azanbieva-laureat", "title": "Шамай Хъазанбиева – лауреат", "date": "2022-06-17 08:16:14", "categories": ["barkiyal"], "text": "Ахираб заманалда пачалихъалъ кӏвар кьолеб буго Россиялъул халкъазул мацӏал церетӏезариялде. Гьелдаго цадахъ гьоркьоса къотӏулелго гьечӏо рахьдал мацӏазул сагӏтал дагь гьаризе ругилан абулел харбалги.\nАмма сундухъниги ралагьичӏого, руго жеги ракӏ-ракӏалъ рахьдал мацӏ лъималазда лъазе бугеб гъира свинчӏел учительзабиги. Махӏачхъалаялъул 11 гимназиялда магӏарул мацӏалъул учительлъун хӏалтӏулей йиго газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги. Исанасеб цӏалул соналда гьей бергьана Тӏолгороссиялъул ва республикаялъул чанго конкурсалда. Методикиял разработкабазул рахъалъ Тӏолгороссиялъул конкурсалда январалдаги гьелъ ккун букӏана тӏоцебесеб бакӏ.\nДагьаб цебегӏан гьединабго Тӏолгороссиялъул конкурсалъул регионалияб этапалда тӏоцебесеб бакӏ щвана учителалъе. Гьей гӏахьаллъизе йиго кватӏичӏого Москваялда тӏобитӏизесеб федералияб этапалдаги.\n«Хӏакъикъат» газеталъ ракӏ-ракӏалъ баркула Шамай Хъазанбиевалда гьединаб къадруяб конкурсалда щвараб бергьенлъи. Гьарула гьелъие хадурккунги жеги кӏуди-кӏудиял бергьенлъаби."}
{"slug": "18307-gasul-garak-ragiidal-sverukh-l-i-sasunaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18307-gasul-garak-ragiidal-sverukh-l-i-sasunaan", "title": "Гьасул гьаракь рагӏидал, сверухълъи сасунаан", "date": "2022-06-17 08:20:06", "categories": ["insan"], "text": "Магӏарулазул тарихалда хӏурматгун рехсола жидер хӏалтӏи- ишалъул, бахӏарчилъиялъул яги цогидаб хӏаракатчилъиялъул лъалкӏ нахъе хутӏарал гӏадамазул цӏарал. Гьединал машгьурал ракьцоязда гьоркьов рехсезе бегьула Шагьав Гӏабдурахӏманов. Гьев унго-унголъунги халкъияв кочӏохъанасул цӏар киданиги кӏочон толареблъун хутӏила дагъистаниязул ракӏазулъ.\nНилъеда лъала, тарихалда гвангъараб лъалкӏ нахъе тола кочӏохъабаз, художниказ, хъвадарухъабаз, шагӏирзабаз ва цогидал гьунаралъул чагӏаз. Гьединаб, киданиги лъахъвазе гьечӏеб лъалкӏ ракьалда хутӏизе ккани, гьез дунялалда гьабизе ккола жидер рекӏее цӏакъго бокьулеб, жидер гӏумру талихӏаблъун лъугьунеб иш.\nШагьасе хӏакъикъаталдаги гьединаблъун лъугьун букӏана кечӏ- бакъан. Гьитӏинаб мехалдасаго гьесулъ загьирлъана гьеб пишаялде рокьи.\nЦебегоялдаса нахъе Чӏарада район машгьурлъун букӏана цӏар рагӏарал кочӏохъабазул ватӏан хӏисабалда. Гьеб районалъул гӏадамаз рикӏкӏуна бищунго машгьурал кочӏохъаби рукӏанин Лъалухъ росулъа ва гьезул цӏаралги рехсола: Мухӏамад Муртазагӏалиев, Гӏабдулвахӏид Гӏусманов, Шагьав Гӏабдурахӏманов, Мухӏамадрасул Гӏалиев ва цогидалги.\nШагьав Гӏабдурахӏманов, цадахъ хӏалтӏаразги маданияталъул хӏаракатчагӏазги баркала кьезе мустахӏикъавлъун лъугьана. Щайгурелъул гьев вукӏана кочӏохъан гуревги, гьезие ритӏухъав гьалмагълъунги лъикӏав насихӏатчилъунги.\nШагьасул кучӏдуз гӏадамазул ракӏазулъе гӏажаибаб хинлъиги аваданлъиги лъугьинаби гуребги, гьез куцалаан цоцаздехун гьуинаб гьоркьоблъи гьабизе, гӏагараб Дагъистан бокьулеллъун ва гьелъие ритӏухъаллъун рукӏине.\nЖиндирго берцинаб, бакъаналда рекъараб гьаракьалдалъун Шагьас халкъалъе сайгъатлъун лъугьинаруна гӏемерал кучӏдул. Гьезда гьоркьор руго магӏарулазул халкъиялги ва Дагъистаналъул композитораз бакънал хъваралги кучӏдул.\nКӏудияб махщел-гьунар бугев ва музыкалияб искусствоялъул устарлъун лъугьарав Шагьав Гӏабдурахӏмановасе машгьурлъи щвана Дагъистаналъул киналго халкъазда гьоркьоб, гьев лъугьана гӏолохъанал кочӏохъабазе мисаллъун.\nЦохӏо нухалъ гьесул гӏажаибго хӏеренаб, хӏасрат жиндилъ бессараб гьаракь рагӏарав чи гьелъул асирлъун лъугьунаан, рекӏелъе лъугьараб хӏайранлъиги гӏумруялъго загӏиплъичӏого хутӏулаан.\nГьесул кочӏол гьаракь рагӏараб мехалда, сверухъе кинабго сасунаан, сихӏкъотӏи лъугьунаан. Бищунго лъикӏал, кӏочене гьечӏел ракӏалдещвеязулъ тӏерхьинавулаан.\nШагьас щибаб кечӏ хӏасратго, нусабго логолъе гъаргъар щун ахӏулаан, гьеб жиндир цогидал киналго кучӏдузда гьоркьоб бищунго лъикӏаб бугеб кинигин.\nРакӏалде кколаан Шагьасул щибаб кечӏалъ тӏолабго дуниялго гвангъизабулеб бугилан. Гьединлъидал батила гӏолохъаназеги ригь аразеги гьесул кучӏдузухъ гӏенеккизе бокьулеб букӏараб.\nШагьав гӏемер цеве вахъунаан концерталгун. Гьев гӏахьаллъана Дагъистаналъул Адабияталъул ва искусствоялъул къоязда, Декадабазда Москваялдаги цогидал шагьараздаги. Гьес ахӏулел рукӏарал магӏарулазул халкъиял кучӏдул лъугьана Дагъистаналъул радиоялъул меседилаб хазиналъун, миллияб маданияталъул чӏухӏилъун. Шагьав рикӏкӏунаан магӏарулазул бищунго лъикӏал кочӏохъабазда гьоркьоса цоявлъун. Кечӏ ахӏиялъулъ жиндирго хаслъи, хатӏ лъугьун букӏана гьесул.\nЦогидал кечӏ-бакъаналъул устарзабазда гьоркьов Шагьав ватӏа вахъизе кӏолаан Аллагьас дасан насиблъараб бажари-гьунаралдалъунги, кочӏохъан гуревги, гьев унго-унгояв артист вукӏиндалги. Цогидал кочӏо хъабазги гьудулзабазги абулаан гьес тӏолабго гӏумру кьунин кечӏ-бакъаналъе бугеб гьунарги рокьиги сахаватго халкъалъе бикьизе.\nШ. Гӏабдурахӏмановасул концерталде рачӏаразул занкӏун цӏун рукӏунаан залал. Жиндирго творчествоялъулал соназда гьесие гьарзалъун букӏана гӏенеккаразул адабги хӏурматги. Гьединаб рекӏелцӏай жиндир гьунаралде лъугьун, тӏолазего вокьулев кочӏохъанлъун вукӏин гуревги, гьев вукӏана магӏарул халкъалъул маданият тӏибитӏизабизе тӏаде босарав хӏаракатчиги. Гьес жигараб гӏахьаллъи гьабулаан жамгӏияб гӏумруялъулъги, гӏагараб ракьалда кколел кӏвар бугел лъугьа-бахъиназда гъорлъаги камулароан гьев.\nШагьав вукӏана машгьурав кочӏохъан гуревги, кӏудияб хӏарпалдасан байбихьун жиндир цӏар хъвазе мустахӏикъав Магӏарулавги. Гьесулгун гара-чӏвариялда ругезда ракӏалде кколаан кочӏохъанасул рекӏел бацӏцӏалъиялъулги лъикӏлъиялъулги хинаб карачел жидедехун гьулчун бачӏунеб бугилан.\nГьев Дагъистаналъул халкъияв артистасул хӏаракатчилъи камиллъиялъе квербакъарайлъун лъугьана гьесул лъади Сайгибат Гӏалигӏумаровна. Шагьас лъадиялда «Сайги» абун недегьго, хӏеренго абулаан. Гьей кидаго хутӏана гъанситохъ цӏа ссвине течӏей чӏужугӏаданлъун, росасе лъикӏай лъадилъун, лъималазе хирияй эбеллъун, жидехъе рачӏарал гьалбадеридехун гьуинлъи бугейлъун.\nГӏемерал соназ Сайгибат хӏалтӏана районалъул лъималазул библиотекаялъул заведующаялъун, кӏудияб бутӏа лъуна Чӏарада районалъул библиотекабазул ва маданияталъул иш цебетӏезабиялъулъ. Жиндир ишалъул унго-унгояй устарлъун лъугьарай, гьелъие гьунарги бажариги бугей Сайгибатица гӏисинал лъималазе цӏикӏкӏараб кумек гьабуна тӏахьал цӏалиялдалъун гьезие гьайбатаб дуниялалде гали тӏамизе.\nДида ракӏалда буго, дун Цӏуриб росдал школалда цӏалулеб заманалда, гӏемер хьвадулаан Сайгибат хӏалтӏулеб библиотекаялде. Гьедин дица гӏумруялъго Сайгибат Гӏали гӏумаровнаялъе баркала кьола, тӏахьал цӏалиялде дир рекӏелъ рокьи бижизабуралъухъ.\nШагьасул кучӏдузулаб ирс букӏана цогидалги махщел-гьунар бугел кочӏохъабазе мисаллъун, хал- къиял кучӏдузде рокьи рекӏелъ бугезе хазиналъун. Гьесул пагьму-гьунар гӏатӏидго тӏибитӏун букӏана хъвадарухъабазда, композиторазда ва халкъияб кечӏ-бакъаналде рокьи бугезда гьоркьоб.\nШагьасул музыкалияб гьунар камиллъиялъе кутакаб асар гьабуна магӏарулазул халкъиял кучӏдуз. Артистасулаб махщелги бажариги гьесулъе лъугьана ва цебетӏуна халкъиял кучӏдузул квербакъиялдалъун. Шагьас абулааан, магӏарулал кинал чагӏи ругелали лъазе бокьани, гьезул халкъиял кучӏдузухъ гӏенеккейилан, гьезулъ загьирлъулин халкъалъул гӏамал-хасият, рухӏияб бечелъи, напсияб рацӏцӏалъи.\nШагьас халкъияб кечӏ ахӏулеб мехалда, гьесул гьаркьилъан гьулчараб гӏадин лъугьунаан чорхое къуват, ракӏалде кколаан борхатаб мугӏрул тӏогьиве вахунев вугин, балагьун бер щолареб рикӏкӏалъуде валагьун унев вугин.\nХалкъияб щибаб кечӏ ккола чанго гӏасруялъ цебе букӏарабщинаб, гьоркьоса щибго камизе течӏого, жиндилъ щулаго цӏунараб маданияталъул асар. Гьелъулъ буго халкъалъул рохелги пашманлъиги, лъикӏабги квешабги. Амма лъикӏлъиялъ кидаго квешлъи чӏинтӏизабула, тӏадегӏанабщиналъ гӏодобегӏанасеб гӏадамазул ракӏазулъаги хьвадачӏвадиялъулъаги, гӏамал-хасияталъулъаги «лъутизабула». Гьанибго тӏаде жубазе бегьула, дугӏаялъ кинигин, лъикӏаб халкъияб кечӏалъ инсанасул напс бацӏцӏалъизабулин.\nАбула гьунар тӏокӏав кочӏохъанас борхараб гьаракьалъ, гьелъул рагӏабазда рекъонкколеб хӏайранаб бакъаналъ ахӏулеб рокьул яги кьалул халкъияб кечӏ кьурда багъун, гьелъ лъугьинабулеб дандерижиялъухъ гӏенеккарасул рекӏелъегицин гӏажаибаб аваданлъи, рохел-хинлъи рещтӏунилан.\nНилъер умумуз кучӏдул кидаго ахӏулаан сапараздаги, свакан хӏухьбахъиялъе рещтӏараб гъотӏол рагӏдукьги, къечон лъим гьекъезе лъалхъараб иццухъги, гьелъул лъеца тӏех буцун тӏадагьабго кванил лазат босун хадубги. Гьез кечӏ ахӏулаан гӏолохъанлъудаги, гӏумруялъул соназул рахас лъикӏаланго халалъараб мехалъги, херлъиялъул бакӏлъиялъ мугъ къулараб мехалъги. Гьайгьай, гьез кучӏдул ахӏулаан бертабалъ, байрамазда. Хасго руччабазул кечӏ кидаго рагӏизе бегьулаан хурзал чӏаразе рахъаралъурги, хер бецизе индал, харибакӏаздаги, батӏи-батӏиял гваяздаги. Гьел кучӏул рукӏана пасихӏал, хӏайранал, аваданал, эхебе унеб гӏурул хъуди сасинабулел, сардилъ цӏвабзаз зодиб гьезие хъат чӏвалеб бугин кколел.\nМагӏарулазул рахъана рекӏелъ ракьа бугел бахӏарзал гурелги, ботӏролъ пагьму-гьунар бугел шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, кочӏохъабиги.\nГьанже нилъее гӏемерго кӏвар цӏи кӏкӏараб масъалалъун лъугьун буго, цӏар лъаларел цересел кочӏохъабазул ирсги гъорлъе бачун, миллияб культура цӏуни.\nГьелъие нилъ кватӏани, тӏасамасаго гьеб масъалаги тани, дун хӏинкъун вуго, чанго соналдасан магӏарулал лъугьине бегьулин кинаб миллаталъул гӏадамал жал рукӏаралали лъалареллъун.\nШагьав Гӏабдурахӏмановасулги рахӏат хвезабун букӏана ахирал соназда магӏарухъ рахьдал мацӏалда кучӏдул къанагӏат гурони ахӏулел гьечӏилан.\nХӏакъикъаталдаги кучӏдузул цӏикӏкӏараб кӏвар буго магӏарулазул миллияб гӏамал-хасият, хьвада-чӏвадиялъул хаслъи ва лъикӏал гӏадатал цӏуниялъе. Гьаниб мисалалъе бачине бегьула Чӏалдаса Гъазимухӏамад, Муи Хӏасанова, Манарша Дибирова, Даку Асадулаев, Гӏайшат Мазалова, Ума Нурмухӏамадова, Гьарадерихъа Шигьабудин ва Пайзуллагь, Сайгидсалим Жамалудинов, Шагьав Гӏабдурахӏманов, Гӏабдулвахӏид Гӏусманов, Мухӏамад Абакаров, Мухӏамад Нурудинов гӏадал ва цогидалги магӏарул машгьурал кочӏохъабазул хӏаракатчилъи.\nХалкъияб кечӏ тӏей гьечӏого бухьараб буго гӏадамазул гӏумруялда ва рукӏа-рахъиналда. Халкъалда гьоркьоб бицен буго лъикӏав кочӏохъанас ахӏараб кечӏ цо рагӏи камичӏого тӏубанго рекӏелъ цӏунизе кӏолев чи чанги вукӏунаанин гӏенеккаразда гьоркьов.\nХалкъиял кучӏдул жанралъул рахъалъги бечедал руго. Рокьул, кьалул гурелги, руго хӏалтӏи-пишаялда хурхаралги, бертабалъ гваязда ахӏулелги, махсара-хочӏалъулалги, тарихиялги, кьурдул бакъаналда ахӏулелги ва цогидалги.\nГьанже тӏад руссун Ш. Гӏабдурахӏмановасул хӏакъалъулъ бицани, гьес кӏвар кьолаан кочӏол рагӏабазде ва бакъаналде. Гьес рикӏкӏунаан лъикӏаб кочӏолъ кидаго рагӏабазулги музыкаялъулги гьоркьоблъиги лъикӏаб букӏине кколилан.\nНилъеда лъала советияб заманалда халкъияб кечӏалъе цӏияб гӏумру кьураб гӏадин, гӏемерго цӏикӏкӏун тӏибитӏанин жалго ругьунлъарал кочӏохъабазул хорал, хасал коллективал гӏуцӏиялъ, батӏи-батӏиял музыкалиял фестивалал тӏоритӏиялъ, радиоялдасан ва телевидениялдасан кьолел передачабаз, гьединго грампластинкабазда ва магнитофоназда хъвазе рес ккеялъ.\nКигӏанго нилъее бокьичӏониги, жакъа квекӏенал лъугьунел руго Дагъистаналъул культура цебетӏеялъулъ, кӏочон толел руго халкъиял кучӏдул.\nАхирал анцӏ-анцӏ соназ гӏолохъанал кочӏохъабазда лъалел гьечӏо халкъиял кучӏдул. Битӏараб бицани, гьеб буго кӏудияб балагь. Гьеб лъугьунги буго гьаб ахираб заманалда миллиябщиналде цӏияб гӏелалъ мугъ рехулеб букӏиналъул хӏасилалда.\nГьанжесев гӏолохъанчиясул ракӏ тӏуркӏизабулеб буго ритмалъ, ай кочӏол гьаркьазул рекъонккеялъ. Амма жибго кечӏ ахӏиялъул даража гӏодобегӏан кколеб буго, магӏнаго гьечӏел рагӏаби цоцазда рухьинариялъул къагӏидаялъ, къокъго абуни, магӏарул халкъияб кечӏ хабалъ букъулеб бугеб гӏадин кколеб буго.\nГьанже нилъеца тӏаса бищизе ккола кӏигоялда гьоркьоса цояб: яги нилъ тӏад руссине ккола гӏасрабаз нилъер букӏаралде, яги нилъер халкъалъ къабул гьаризе ккола нилъее чиярал бакънал, ай чияраб пикруги рухӏги. Кочӏолъ цӏунун бугелъул- ха халкъалъул рухӏ, рухӏ гьечӏони, халкъги букӏинищ?\nШагьав Гӏабдурахӏмановас жиндирго районалда гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьитӏинаб мехалдасаго миллиял музыкалиял алатаздехун лъималазул гьудуллъи лъугьинабиялъе, рахьдал мацӏалда ахӏулел кучӏдуз гьезул рекӏее асар лъугьинабиялъе ва гьездехун рокьи бижизабиялъе.\nШагьас абулаан, масала, умумузул бахӏарчилъиялъул бицунеб халкъияб кьалул кочӏохъ гӏенеккараб мехалъ гьелъул бакъназги гьаркьазги лъимадул рекӏелъе лъугьине кколин бахӏарчиял умумуздаса чӏухӏи, гьезул наслулъун жал рижун рукӏиналдаса рохел.\nГьаниб такрарлъараб гӏадин кколеб бугониги, бицинчӏого гӏоларо миллияб хаслъиги гӏамал-хасиятги эбелалъул рахьдада цадахъ лъимадулъе лъугьунин киниялда вущун вугеб мехалъго. Кинидахъ ахӏараб кочӏолъан тӏоцебе рагӏула гьезда рахьдал мацӏалъул рагӏаби.\nШагьав Гӏабдурахӏмановас тӏолабго гӏумруялъ жигараб гӏахьаллъи гьабуна гӏагараб районалда ва республикаялда художествияб хӏаракатчилъи цебетӏезабиялъулъ. Гьебги хӏисабалде босун, 1965 соналда Шагьав Гӏабдурахӏмановасе кьуна «ДАССРалъул мустахӏикъав артист» абураб хӏурматияб цӏар, ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Указалда рекъон, гьев 1997 соналда мустахӏикълъана «ДРялъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъеги. Шагьасе щварал шапакъатазда гьоркьор руго «Захӏматалъул ветеран» медаль, «Борч ва Намус» орден, Тӏолгороссиялъул выставкаялъул централъ кьураб Меседил медаль ва тӏад цӏар хъвараб сагӏат, «Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчиясул» Меседил цӏва.\nМустахӏикъаб хӏалхьиялда вугеб заманалда Шагьав вукӏана «Чӏарада район» МОялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Херазул советалъул член.\nГӏун бачӏунеб гӏелалъе нилъеца тарбия кьезе ккола халкъиял гӏадатазда рекъон. Гьелъие тӏадкӏалъай гьечӏого хӏажалъула Шагьав Гӏабдурахӏмановасул тӏолабго кочӏолаб хӏаракатчилъиги.\nШагьав Нурмухӏамадовичас Дагъистаналъул искусствоялъулъ тана киданиги лъахъвазе гьечӏеб лъалкӏ. Гьесул цӏаралъе хвел гьечӏо магӏарул мацӏ чӏаго бугебгӏан заманалда. Киналго гӏелазул гӏадамазул ракӏазулъ даимго хутӏила халкъияв кочӏохъан.\nМухӏамад Мухӏамадов, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор"}
{"slug": "18309-kh-akhiab-khalgiat-retiaraj-khiurulgiin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18309-kh-akhiab-khalgiat-retiaraj-khiurulgiin", "title": "Хъахӏаб халгӏат ретӏарай «хӏурулгӏин»", "date": "2022-06-17 09:17:16", "categories": ["med"], "text": "Дунялалда ругелщинал махщелазда гьоркьоб гьебгӏан хӏикматаб цониги батиларо. Хъахӏал халгӏатал ретӏарал «малаикзаби»… Къасикъалъи гьечӏого гӏадамал сах гьарулел, хвалил кӏичӏикье ккараб гьезул гӏумру хвасар гьабулел… Гьабулищха нилъеца гьезул хӏалтӏул къимат, бичӏчӏулищ гьезул захӏматаб ишалъул кӏвар?\nЖакъа бицен гьабизе бокьун буго республикаялъул рагъул ва хӏалтӏул ветеранал сах гьариялъул госпиталалда хӏалтӏулей Хунзахъа тохтуртерапевт Мадина Качаловалъул хӏакъалъулъ. Гьей ккола ДРялъул мустахӏикъай тохтур. Гӏемер бицунеб рагӏун букӏана Мадинал унтараз- дехун бугеб хинаб бербалагьиялъул хӏакъалъулъги, гӏезегӏан дандчӏвана гьелъул хӏалтӏудаса разиго хутӏарал унтаралги. Гьале жакъаги, гьей хӏикматай тохтуралъулгун гара-чӏвари гьабизе поликлинникаялде щведал, гӏемерал унтарал ратана гьелъул кабинеталъул кӏалтӏа.\n— «Щиб кканиги дун Мадина Качаловалъухъе йортула. Гьелде гӏадаб божилъи дир лъидего букӏунаро», — ян абуна гьений ятарай цо гӏаданалъ.\n— «Хӏакъикъаталдаги гьей йиго унтаразда гьимун гурого кӏалъаларей тохтур. Гьелъ цӏакъ мухӏканго халшалги гьабула. Гьелъул дару-сабабги цӏакъ рекъола. Гьединал тохтурзаби гӏемер гьечӏо», — ян жаваб кьуна гьелъие цоги гӏаданалъ\nУнтарасгӏан ритӏухъаб къимат тохтурасе кьелебдай?\n— Мадина, кин пикру ккараб гьадинаб захӏматаб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб махщел тӏаса бищизе?\n— Дир эмен Мухӏамадги имгӏал Саху Дибирчуевги тохтурзаби рукӏиндал, дидаги гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьеб пиша цӏакъ берцин бихьана. Чӏахӏиял классазде яхъиндал, эбелинсулгунги дандбан, хӏукму гьабуна тохтурлъи тӏаса бищизе. Хунзахъ росдал школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Гьений цӏалулаго, пикру ккана терапия тӏаса бищизе. Терапиялда гӏемерал чагӏазе кумек гьабизе рес букӏуна. Щиб унтаниги гӏадамал, тӏоцебесеб иргаялда, рачӏуна терапевтасухъе. Гьезул гӏузрабиги, гьел раккиялъе гӏиллабиги лъазарун, терапевтас гьел ритӏула жидерго батараб унтул гъваридго хал-шал гьабизе цогидал специалистазухъе. Дица институт лъугӏизабуна 1986 соналъ. Хӏалтӏана шагьаралъул кӏиго-лъабго батӏи-батӏияб больницаялда. 1997 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго гьаб больницаялда.\n— Духъе щибаб къоялъ рачӏунел ратила батӏи-батӏияб гӏамалхасияталъул гӏадамал. Киназдаго рекъезабизе захӏмат букӏунарищ?\n— Узухъда, дандчӏвала нусго батӏияб гӏамал-хасияталъул, психологиялъул гӏадамал. Хасго унтарал чагӏи, жидерго чорхолъ ругел гӏунгутӏабазул ургъалица, дагьал манзил къокълъун лъугьун рукӏуна. Унтиялъул захӏмалъиялда бан, гьезул психологияб рахъги загӏиплъун букӏуна. Байбихьуда, ругьунлъизегӏан, захӏмалъулаан киназдаго хӏал рекъезабизе. Гӏемерал соназ хӏалтӏун, хӏалбихьи щведал, дида гьанже лъала лъидехун кинаб нух батизе кколебали, лъие кинаб хабар бицине кколебали. Гьеб нижер хӏалтӏулъ цӏакъ кӏвар бугеб жолъунги ккола. Берцинго кӏалъараб кӏалги гӏола гьезие.\n— Дуца гьабураб кумек бичӏчӏичӏого, разилъичӏого хутӏарал пациентал рукӏанищ?\n— Гӏиси-бикъинаб жо камилищха. Амма разилъичӏого нахъе арал унтарал ракӏалда гьечӏо. Дица кидаго хӏаракат бахъула гьезие бажарараб кумек гьабизе, гьезул къваригӏел тӏубазе.\n— Дур пикруялда, кинал хасиятал чара гьечӏого рукӏине кколел тохтурасулъ?\n— Тохтурасе бищунго къваригӏунеб хасият ккола жиндаго тӏад бугеб жавабчилъи бичӏчӏи. Сах гьавизе кӏолеб гӏадин, тохлъукьего ккараб гьитӏинаб гъалатӏалдалъун, инсанасул чорхое кӏудияб сакъат ккезабизеги рес букӏуна. Гьединлъидал, гьитӏинабниги хӏукму гьабилалде цебе, ургъизе ккола. Жиндир квераздалъун чияр гӏумруялъе зарал ккезе бегьулеблъи киданиги кӏочон тезе бегьуларо. Чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго сабруги. Дагьаб мехалъцин, цогидал лъугӏизегӏан нуцӏил кӏалтӏа рахъун чӏезе кканиги, хӏалги бачӏун, къулкъудулел рукӏуна цо-цоял. Амма кигӏан ццин бахъун, манзил къокълъун гьел лъугьаниги, дица хӏаракат бахъула сабру гьабизе.\n— Жакъа сунца дур хӏалтӏуе квалквал гьабулеб? Щиб бищунго бокьулареб?\n— Бищунго захӏматабги бокьуларебги жо буго кагъат-хъарщиялда хурхараб хӏалтӏи. Гьелъ бахъула заманги рухӏги. Гьанжени, гӏемерисеб жо компьютералдасанги гьабулеб буго, амма кагъат-хъарщи дагьлъунго бугищали лъаларо.\n— Коронавирусалъ квегъулеб заманалда нужер больницаялда кинаб хӏал букӏараб?\n— Доб цӏакъ захӏматаб мех букӏана. Тохлъукьего вахӏшияб унти тӏаде бачӏиндал, нижер хӏалтӏи чанго нухалъ цӏикӏкӏана. Къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб букӏана унтулезулги холезулги къадар. Амма «багӏараб зонаялде» инчӏого чӏезе ракӏалдецин ккечӏо нижеда. Нижер ресги букӏинчӏо гьенире инчӏого, щайин абуни, нижецаги гьабичӏони гьаб хӏалтӏи гьабизе щивха вачӏинев? Кӏудияб хӏинкъи букӏана нижерго гӏумруялъеги. Амма гьеб киналъулго пикруги ургъелги гьабизецин регӏараб хӏал букӏинчӏо. Нижеда божун рукӏана нус-нус гӏадамал. Цадахъ хӏалтӏулезда гьоркьорги унтарал рукӏана. Амма сундухъниги балагьичӏого, бажарараб гьабуна.\n— Цо-цояз нилъер тохтурзабазе лъикӏаб гьечӏеб къимат кьолеб рагӏана. Мун рази йигищ нилъер республикаялда сахлъи цӏуниялъул иш гӏодобегӏанаб даражаялда бугин абураб пикруялда? Халкъалда гьоркьоб гьединаб пикру бижиялъе гӏиллалъун щиб дуца рикӏкӏунеб?\n— Дагъистаналда хӏалхьезегӏан руго лъикӏал тохтурзабиги клиникабиги. Дица абиларо, гьаниб медицина нахъе ккун бугинги. Россиялъул церетӏурал регионазда ялъуни къватӏисел пачалихъазда гӏадал, клиникабазда чӏезарурал гӏемерал шартӏал ратичӏониги, жибго сахлъи цӏуниялъул иш гӏезегӏан лъикӏ буго. Нилъерго гьаниб лъикӏаб хӏалалда цӏех-рехги гьабичӏого, захӏматаб унти бугел чагӏи къватӏиреги ун, гьениб батараб хӏал бихьидал абула гьез, гьаниб кумек щвечӏин абун. Гьацӏулъ хӏеги хӏанилъ расги каму- ларин абухъего, цо-цо тӏаса-масаго, кӏвар кьечӏого хал-шал гьабун толел тохтурзабиги камуларо. Гьеб мехалъги бижулеб батила гьединаб пикру.\n— Мадина, дурго хӏалтӏулъ бищунго сунца мун йохизаюлей?\n— Дун кутакалда йохула дицаго гьабураб кумекалъул ва хӏалтӏул хӏасил бихьидал. Гьеб мехалъ дир рекӏелъеги жеги цӏикӏкӏараб рохалил асар лъугьуна. Гьелъ жеги цӏакъ хӏалтӏизе гъираги бижизабула. Йохула гьабураб хӏалтӏуе тӏад ругез лъикӏаб къимат кьураб мехалдаги. Амма диего щварал шапакъатаздасаги, бищун цебе дие къиматаблъун буго дирго квербагъариялдалъун ун- таразул гьурмада гьими кунчӏизабизе бажари. Батӏи-батӏиял газет-журналазда рахъарал баркала кьун хъварал макъалабиги щола дихъе. Палхӏасил, унтарасул баркалаялъги, гьесул гьурмада букӏараб пашманлъи хисараб гьимиялъги дида свакги захӏматги кӏоченабула.\n— Мадина, нужер кабинеталъул къадада хъван руго Демокритил “Медицинаги философияги кидаго цадахъ рукӏуна” абурал рагӏаби. Медицинаялда гъорлъги букӏунищ философия?\n— Гьелдасанха байбихьулеб медицинаго.\n— Тохтурасул махщел тӏаса бищизе бокьаразда ва гьанжего гьанже хӏалтӏизе лъугьунел гӏолохъанал тохтурзабазда щиб абилеб?\n— Къо бахъанагӏан медицина цебетӏолеб буго, раккулел руго цӏицӏиял сах гьариялъул къагӏидаби, дараби ва гьединго унтаби. Гьединлъидал, кидаго лъай борхизабиялда тӏад хӏалтӏейин абилаан дица. Гьеб махщел тӏаса бищизе бокьараздаги, гьанжего гьанже хӏалтӏизе рачӏунездаги бищун цебе бичӏчӏизе ккола жидер гъуждузде бегизе бугеб жавабчилъи. Тохтурасул квералдаги дару-сабабалдаги божунлъидалха унтарал гьесухъе рачӏунел. Тохтурасул хӏалтӏи щолеб гӏарцухъ балагьун гьабулеб жоги букӏунаро. Гьаб буго ракӏ-ракӏалъ бокьун, рекӏелъе биччан гьабизе кколеб иш.\n— Мадина, нахъа тараб хӏалтӏулаб нухалъе кинаб къимат дуцаго кьолеб?\n— Дир гӏумруялда цӏакъ кӏудияб бакӏ ккола гьаб ишалъ. Гьаб буго дир гӏумруялда жаниб бугеб цоги гӏумру. Дица абила, нахъа тараб нухалдаса рази йигилан. Цониги унтарасда цебе гьумер нечолеб иш ккечӏо. Узухъда, дие къимат дихъе рачӏунез кьела, щайин абуни, гьезда лъикӏ бихьула. Амма дунго разияй йиго. Дица дидаго цебе кидаго лъун букӏуна гьадинаб масъала: кинаб букӏаниги гӏузругун дихъе вачӏарав чи рази гьавун гурого нахъе виччангутӏизе. Рес буго, масала, ракӏалдацин гьечӏеб захӏматаб унти батизе. Гьеб мехалъгицин, ракӏмакӏги гьабун, гьесул лъикӏалде хьул бижизабизе хӏаракат бахъула.\nЦониги къоялъ ракӏ бухӏичӏо тохтурасул махщел тӏаса бищиялдаса ва киданиги ракӏалде ккечӏо гьаб рехун тезе.\nГара-чӏвари гьабуна Мухӏамад Манаповас."}
{"slug": "18311-khalk-iyav-zurmikh-an", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18311-khalk-iyav-zurmikh-an", "title": "Халкъияв зурмихъан", "date": "2022-06-17 09:29:37", "categories": ["lit"], "text": "Гьаб заманалда доб цебе гӏадинаб кӏвар гьабулеб гьечӏониги, зурмихъан вукӏана росулъ гьечӏого гӏоларев, гӏадамазе аваданлъиги рохелги босун вачӏунев хӏурматияв чи. Гьев кивго къабул гьавулаан адабхӏурматалда. Масала, гьидерил харабаз жакъаги хӏурматалда ракӏалде щвезарула машгьурал зурмихъаби: Тӏидиса Дубухазул Мухӏамад, Мачӏадаса Кӏумело, Гьентӏаса Мухуласул Мухӏамад (Мухуло). Республикаялъул гьунарчагӏазул къокъагун цадахъ, 1939 соналда Мухулас зурма бачана Кремлялда, Москвалда тӏобитӏараб Дагъистаналъул ада- бияталъул ва искусствоялъул къоязул байрамалда.\nАхирал соназда кьучӏдасанго хисана нилъер гӏумру, ракӏгъеялъе ратулел руго батӏи-батӏиял ресал ва алатал. Жакъасел гӏолилазе зурмил бакъназул кеп щоларо, гьел гӏащикъго кьурдуларо гьелъул накуялда гъоркь. Амма нилъ магӏарулал рукӏиналъе нугӏлъи гьабулел аслиял гӏаламатазул цоял ккола: рахьдал мацӏ, миллияб ретӏел, зурма, къали ва пандур. Коммунистаз нилъ тӏамулел рукӏана миллияб ратӏлидаса инкар гьабизе, нилъерго тӏалаб гьечӏолъиялъ мацӏ тӏагӏунеб буго, зурма-къолое ва пандуралъе музеялда цебего бакӏ хӏадурун буго. Гьеб хӏал квеш бихьулел магӏарулалги камун гьечӏо. Масала, Шамил районалъул Мачӏада росулъа Ачилаев Мухӏамад. Гьев ккола гӏемерал музыкалиял алатазда бакънал рачине махщел-гьунар бугев чи. Гьес «гӏодизабулареб» алатго батиларин абуни, мекъиги букӏинаро.\nМ. Ачилаев хӏалтӏана Чирюрт ГЭСалда мотористлъун, Махӏачхъалаялъул чадил заводалда цӏулал устарлъун, энергетиказул клубалда бакъанчилъун, культураялъул, спорталъул ва гӏолилазул кӏалгӏаялда бакънал рачунев чилъун. Кив хӏалтӏаниги, щиб ишалда вугониги, зурма рехун течӏо Мухӏамадица. Магӏарулазул кечӏбакъаналъул культураялъул бицунаго, Мухӏамадица абуна:\n— Нуж гӏедегӏуге зурма музеялда лъезе. Эстрада бугониги, зурма, къали, пандур, чагъана гӏадал умумузул алатал рокьулел гӏадамал жеги гӏезегӏан руго. Масала, машгьурал кочӏохъабаз ахӏулел кучӏдузда цадахъ рачунел бакъназда гьоркьоб бугеб дир зурмил гьаркьица магӏарул кечӏ-бакъан лъалаго берцин ва бечед гьабула. Цебе магӏарухъ тӏоритӏулел рукӏарал бертабалъ кьурдул наку аслияб къагӏидаялда букӏуна зурмакъолол. Хӏатта жакъаги шагьаразда тӏоритӏулел гӏемерисел бертабазда зурма-къолол накуялдалъун гьабула бахӏаразда дандчӏвай. Гьидерил кашалъул, къелдерил ва гьаадерил кьурдабазул накабазда кьурдулел чагӏи рихьидал, гӏажаиблъун хутӏула батӏияб миллаталъул чагӏи.\n— Жакъа районалда, мун гурев, цоги зурмихъан вугищ, гӏолилазул гьечӏищ зурма бачине ругьунлъизе бокьарав чи? — абураб суалалъе Ачилаевас гьадинаб жаваб кьуна:\n— Гьеб буго бищунго ракӏ унтараб суал. Дун гьитӏинаб мехалда щибаб росулъ чара гьечӏого вукӏунаан кӏиго-лъабго зурмихъан. Цӏакъ къокъаб буго жакъа районалда хутӏарал зурмихъабазул сияхӏ: Къелев — Исмагӏилил Мухӏамад ва Хӏажиев Мухӏамадтӏагьир, Дагъбашалда — Асхӏаб, Гьоорив — Хира- сулав, Хучада — Пазлудин, Гьентӏа — Хӏусенил Мухӏамад, Мачӏада — дун. Гьезул гӏемерисез гӏатӏиракьалда гӏумру гьабулеб буго. Дица цебе- гоялдаса нахъе абулебги ахӏулебги буго, районазда ругел искусствоялъул школазда лъималазда миллиял бакъназул алатал хъвазе малъи- зе кколин. Пайда щиб, гьелде кӏвар кьолев чи гьечӏо.\nЦӏакъ бокьун букӏана, дун цевеса иналде, гӏагараб росдал лъималазда зурма бачине малъизе, пайда щиб, цониги чи гьечӏо гьелде ракӏ унев. Цо мисал, зурма бачине дица ругьун гьавун вукӏана школалъул цо цӏалдохъан, умумуз биччачӏеб къагӏида, гьесги рехун тана гьеб.\nМухӏамадица гьадин ракӏалде щвезабуна кечӏ-бакъаналде жиндир рокьи бижизабурав ва зурма бачине малъарав Кӏумело: «Лъимерлъудаса нахъего дида цӏакъ берцин бихьулаан зурмил гьаракь-бакъан. Мачӏадаса машгьурав зурмихъан Махӏмутӏил Мухӏамадил (Кӏумело) зурмил гьаракь рагӏидал, чорхолъ би гьелегьунаан, черхалда рас эхетулаан, хӏатӏал жалго кьурдизе лъугьунаан. Кӏумелас бижизабуна зурмиде дир рокьи. Бертабалъ, вечеразда, гваязда зурма бачине дица байбихьана 1964 соналда. Сахго вугебгӏан мехалъ рехун тезеги гьечӏо. Музыкалиял алатазда бакънал рачине Мухӏамадил бугеб махщел бихьун, гьев ахӏана Авар театралда хӏалтӏизе. Байбихьана хъумуз хъваялдаса, зурма бачунаан «Рокьул сухъмахъ» ва «Аманат» абулел спек- таклязда. «Хваразул цӏаралдасан» абулеб спектаклялда Ачилаевас хӏана асирлъиялде ккарав рагъухъ- анасул роль, гӏахьаллъулаан театралиял массовкабазда…\nРосулъе вуссараб мехалда Мухӏамад хӏалтӏана ясли-ахалъул бакъанчилъун. Школалде кечӏбакъаналъул дарсазде ун, лъималазда малъулаан музыкалиял алатазда бакънал рачине. Къогогӏан соналъ Ачилаев хӏалтӏана ва жакъаги хӏалтӏулев вуго районалъул культураялъул кӏалгӏаялда, кучӏдузда ва кьурдабазда цадахъ бокьараб алаталда рачуна бакънал. Районалъул музыкалиябгун кьурдабазул коллективгун цадахъ Ачилаев гӏахьаллъулаан республикаялда ва районазда тӏоритӏарал батӏи-батӏиял къецазда, байрамазда, гӏемер щолаан гъутабазде. Кечӏ-бакъаналъул коллективалгун цадахъ Мухӏамад цевевахъана ва зурмида, пандуралда, хъумузалда, кеманчаялда магӏарул бакънал рачана Бельгиялда, Майкопалда, Чебоксаралда, Питералда, Москваялда, Уфаялда…\nАчилаевас абула бокьараб, ай киданиги бихьичӏеб, рагӏичӏеб бакъназул алат жинца кӏиго-лъабго къоялда жаниб тӏубан мукӏур гьабулилан. Гьес абуна: «Мачӏадаса вукӏана республикаялдаго цӏар рагӏарав хъумузчи Мухӏамад Гӏабдулаев (Уди Мухӏамад). Гьес «гӏодизабулеб» хъумуз бихьидал, дида дунял кӏочана ва дун гьедана гьесдаса жеги берцинго хъумузалда бакънал рачине ругьунлъичӏого чӏеларин абун.\nМутай Хадулаевасулъе вахарав чагъаначи Дагъистаналда вахъинчӏо, гьес бижизабуна чагъанаялде дир рокьи. Гьесулгун лъай-хъвай гьабун гьоркьоб заман иналдего, дица чагъана хъвалеб бихьидал, Мутайица дие жиндирго чагъана сайгъат гьабуна», — ян.\nМухӏамад ккола бакъназул алатал гьаризе махщел камилав устарги. Гьес гьаруна гӏемерал зурмабиги пандралги, амма гьес гьел ричуларо, гьудул-гьалмагълъиялъе сайгъаталъе кьола.\nГӏумруялъго бакъназул искусствоялда хӏалтӏарав ва анцӏ-анцӏ соназ районалда байрамал ва цоги рохалил тадбирал нухда рачарав Ачилаев мустахӏикълъана ДРялъул «Культураялъул министерствоялъул хӏурматияв бакъанчи» абулеб грамотаялъе. Анлъго сон унеб буго Ачилаевасе «ДРялъул мустахӏикъав бакъанчи» абураб цӏар кьеялъе кагътал данде гьаруралдаса. Хьул буго исанагӏаги гьел кколеб идараялде щвелин ва Мухӏамадие гьеб цӏарги кьелин абураб.\n15 июналда Ачилаевас бана 70 сон. Ракӏ-ракӏалъ гьесда юбилейги баркун, «Хӏакъикъаталъул» коллективалъ Мухӏамадие гьарула жеги гӏемерал соназ гӏадамазул ракӏал авадан гьаризе чорхое жанги, халатаб гӏумруги, сахлъигун рохелги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "18315-shamil-imamasul-kag-tal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18315-shamil-imamasul-kag-tal", "title": "Шамил имамасул кагътал", "date": "2022-06-17 09:43:06", "categories": ["rel"], "text": "Шамил имамас Генуса Ибрагьимихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Ибрагьимихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги, Дихъе щвана хабар Игьалиб цо къабихӏаб иш ккун бугин, мугьажирзабазда зулму гьабулеб бугин ва гьединго имамасде бугьтанал гӏунтӏизарулел ругин абун. Дица дуда амру гьабулеб буго, авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегӏан, мухӏканго гьеб ишалъул хӏакъикъаталда тӏасан цӏех-рех гьабеян. Гьединго гьеб иш жиндихъа ккарав чиясе дуца шаригӏаталда рекъараб тамихӏги гьабе. Гьеб тамихӏги, щибгӏаги тасамахӏлъиги гьабичӏого, Аллагьасул тӏехьалъ бицухъе, гьелъ амру гьабураб къагӏидаялъ гьабе, хадубккунги гьединаб иш гьабизе гӏадамал лъугьинчӏого рукӏине. Нилъеца гьединал лъугьа-бахъинал мугьмалго, кӏвар гьечӏого тани, гӏадамазда гьоркьоб питнабиги балагьалги гӏемерлъизе руго. Гьалдалъун тана.\nВассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул жумадул ахир / 1853 соналъул 3 январь.\nШамил имамас Унсоколоса Хӏажи-Тӏагьирихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ХӏажиТӏагьирихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дуда лъай, капурзабазухъа бахъараб давлаялъул хумус буссунеб бакӏ хасаб букӏин. Гьелъул щибаб бутӏа буссинабизе кколеб бакӏги буго, нилъер гьелда кинабгӏаги къагӏидаялъ квер хъвазе ихтиярги гьечӏо. Гьединлъидал дица дуда амру гьабулеб буго, мун гьеб ишалда гъорлъе лъугьунгеян, дуца гьебги тӏубанго нилъер вац назир (тӏалаб гьабулев чи) Малахъе кьеян абун. Гьес гьеб кколеб бакӏалде буссинабизе буго.\nГьалдалъун тана. Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул жумадул ахир моцӏ / 1853 соналъул март моцӏ.\nГьединго гьаб амру нижеца киналниги наибзабазухъеги гьел гурезухъеги хумусалъул бащалъи жидее таразде щвезе гьабун буго. Гьаб киназего гӏаммаб, Дагъистаналъул ракьалда билълъанхъараб къанунги буго.\nШамил имамас Мелъелтӏаса Мухӏамадгӏалихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Мухӏамадгӏалихъе. Ассаламу гӏалайкум.\nЦинги. Дуда лъала нилъер вац Чӏиркъатӏаса Хӏадис дирги гьединго дурги гьобол вукӏин. Тӏадежоялъе гьесул рукъ киналго тӏаде рачӏунел гьалбадериеги зияраталъ хьвадулел чагӏазеги рещтӏунеб бакӏлъун буго. Гьединлъидал гьесул буголъиги гьезиеги гӏахьалаб бугеб хӏисаб буго. Гьесул буго кӏинусгогӏанасеб гӏи. Дица дуда амру гьабулеб буго гьесул гӏи нужер магӏарда ругел мугьажирзабазул гӏияда гъорлъе биччаян абун. Дуца гьел гьенир парахат гьаре, тӏад щибго каламги гьабичӏого.\nГьалдалъун тана. Вассалам. Гьатӏан къо, 1269 соналъул 19 рузман / 1853 соналъул 25 июнь.\nШамил имамас шайих Хӏажи Ибрагьим-бегихъе хъвараб кагъат\nАллагьасе рецц буго Жинца батӏи-батӏиял бакӏазда чӏарал ва батӏи-батӏиял бокӏназда ругел лагъзадерие ризкъи бикьулев ва гьединго Жиндирго азалияб гӏелмуялда хъвараб къадру-хӏукму гьезулъ билълъанхъизеги гьабулев, щибгӏаги тархъи ва хиси гьечӏого. Аллагьасул свалатги Гьесул саламги лъеги гьижраялъул ва апараглъиялъул кьогӏлъи чӏамурав хирияв Аварагасда, гьединго гьесул агьлуялдаги асхӏабзабаздаги лъеги, Аварагасде бугеб гӏагарлъиялъул, гьесдасан жидее бугеб рекӏел чучиялъул лазат бихьарал.\nХадуб, камилал саламазул тӏурарал жавгьарал, гьединго гӏорхъи гьечӏеб дугӏаялъул маргъалал руго нижер рахъалдасан ракӏбацӏцӏадав нижер вац ва гьудул, камилаб гӏелмуялъул бетӏергьан, лъикӏал гӏамалал кодосев, камилал адабазул къутӏбу, кӏиябго рукъалъул (лъикӏлъабазда) кверщел батарав, гьесул гьезул тӏокӏлъиги жиндие кьурав, Аллагьасе гӏоло Гьев тун батӏиябщинабги рехун тарав ва Аварагасе гӏоло гьижраги гьабурав, Аллагьас жиндир икъбал даим гьабеяв шайих Хӏажи Ибрагьим-бегасде.\nЦинги. Камилаб жигаралдалъун ва бацӏцӏадаб нияталдалъун дица лъикӏал гӏамалал гьаризелъун, тӏадегӏанаб давлаталъул рахъалдасан дуца гьабураб хӏалтӏи дие мухӏканлъидал, дун дудаса разилъана, Аллагьги дудаса разилъаги. Дуде бугеб рокьи-гӏишкъуялъул асирлъуда вукӏана дун. Амма нилъ дандчӏвазе ккарал квалквалазул гьурал тӏатӏалаго пуна ва дандчӏвазе бугеб гӏишкъуялъул булбулаз гъотӏода бакънал рачана. Кинниги гьал соназ дандчӏвазе нилъее рес ккечӏелъул, нилъер гьурмалги цоцазда рихьун, нилъер хӏалхьезе санагӏатги рекъечӏелъул, гьелъул бакӏалда дир хӏукму ккана кинабго кагътиде босизе. Щайгурелъул цоцахъе кагътал хъвай дандчӏваялъул бащалъи кколелъул.\nХӏакълъунго шагӏирас цӏакъ берцинго абун буго:\nРакӏазда гьоркьоб бугеб\nРокьуе гӏорхъи гьечӏо,\nКӏудиял манзилаца\nГьел ратӏа гьаруниги.\nГьединго гьал рагӏабазул берцинлъи бихьуларищ?\nДур ургъалил гарацӏ дир рекӏелъ буго,\nДудасан пайиз щвей – дир анищ буго…\nХадубги, Аллагьасул цӏаралдалъун дица дуда гьарула къабулал гӏужазулъ дурго дугӏаялъул бутӏа дие камизе тогеян, хасго паризияб какда хадуб. Жеги дуца дир салам щвезе гьабе тӏарикъаталъул тӏадегӏанал хулапаазде (къаддасаллагьу асрарагьум). Гьединго дица гьездаги дудеги васиятги гьабула, Аллагьасул тушбабазда тӏад бергьенлъи босизе нижее квербакъи гьабейин, ай бергьенлъи кьейин абун ва дие битӏараб нухде тӏоритӏиги, лъикӏаб ахирги (хӏуснул хатимат) насиб гьабеян абун дугӏа гьабеян. Гьединаб дугӏа гьаби ккола лъикӏал чагӏазул тӏабигӏат. Дуца дихъе ритӏарал кагътазул амруйин абуни, гьаб кагъат босун вачӏарас дуда бицине буго гьелъул хӏакъикъат.\n(Аллагьас) нужее тавпикъ кьеги, нуж битӏараб нухда чӏезе гьареги, нужее сабру кьеги, нужер чамасдакул гъотӏода пихъ базе гьабеги, Аллагьас нужер гӏамалалги гӏадада холеллъун гьаругеги.\nВассаламу гӏалайкум. 1270 соналъул мухӏаррам моцӏалъул авал /1853 сонлъул 10 январь. Дагъистаналъул имам шайих Шамил. Мугьру\nШамил имамас Тӏелекьа Гъазимухӏамадихъе хъвараб кагъат\nМуъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Тӏелекьа Гъазимухӏамадихъе. Ассаламу гӏалайкум!\nЦинги. Гьанжелъизегӏан нилъеца Рочиб росдал агьлуялъухъа магъало босулеб букӏинчӏо, нилъ гьелде хӏажатал гьечӏого рукӏиналъ ва гьел нилъер гӏорхъабазда чӏарал чагӏи рукӏиналъ. Амма гьанже гьелде хӏажалъиги цӏикӏкӏиндал, гьарулел харжалги гӏемерлъидал, тӏаде бачӏунеб хайирги дагьлъидал, нилъер иш гьеб бакӏариялде ккана. Гьединлъидал дица дуда амру гьабулеб буго, дуца дозда магъало кьеян абеян. Гьебги гьаб кагътил бетӏергьан Рис гӏоралъул байтулмалалъул назирасухъе кьеян абе, нахъбахъичӏого, букӏине кколелдаса тӏаде цӏикӏкӏинеги гьабичӏого, тӏасаги бахъичӏого.\nВассалам. Хамиз къо, 1270 соналъул 16 мухӏаррам / 1853 соналъул 18 октябрь."}
{"slug": "18422-sualal-klvar-bugel-rorkhana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18422-sualal-klvar-bugel-rorkhana", "title": "Суалал кӏвар бугел рорхана", "date": "2022-06-22 16:23:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Хунзахъ районалъул администрациялда тӏобитӏана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул Советалъул данделъи. Гьелда гӏахьаллъана республикаялъул Жамгӏияб палатаялъул Председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимов, палатаялъул батӏиял-батӏиял комиссиязул председателал, гьезул заместителал ва цогидалги членалгун экспертал, микьго мугӏрузул районазул Жамгӏиял палатабазул председателал, Хунзахъ районалъул нухмалъулел ва цогидал. Аслияб къагӏидаялда данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана мугӏрузул районазул социалиябгун-экономикияб цебетӏеялъул ва гьел районазда туризм цебетӏеялъул суалал. Гьедин “Мугӏрузулал территориязул социалиябгун-экономикияб цебетӏей” абураб ДРялъул Пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабиялда хурхараб докладгун цеве вахъана Жамгӏияб палатаялъул АПКялъулгун экологиялъул комиссиялъул председатель Гӏабдурахӏман Чураев. Гьес гӏатӏидго бицана рехсараб програмаялда рекъон мугӏрузул районал церетӏеялъе риччалел ругел сурсатазул ва гьел хӏалтӏизарулаго дандчӏвалел захӏмалъабазул.\nМугӏрузул районазда туризм цебетӏеялъул ва гьелдалъун халкъалъе жеги пайда цӏикӏкӏине ккани тӏагӏинаризе кколел гӏунгутӏабазул бицана Жамгӏияб палатаялъул лъай кьеялъулгун, культураялъул, спорталъул ва гӏолилазул политикаялъул комиссиялъул председателасул заместитель Хъайтмаз Дибировас.\nХунзахъ райадминистрациялъул гӏолилазул ишазул, туризмалъул ва спорталъул рахъалъ отделалъул начальник Шамай Гӏумаровалъ бицана муниципалитеталда туризмалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва гьеб цебетӏезаби мурадгун районалъул нухмалъиялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул. Гьелъул рагӏабазда рекъон 2021 соналъ районалде вачӏун вуго 190 азарго турист.\nГьединго цогидал кӏалъаял гьаруразулги пикраби руссарал рукӏана Дагъистаналъул росаби чӏунтичӏого рукӏине ккани, гьенир гӏадамазе, хасго гӏолилазе хӏажатал шартӏал ва хӏалтӏул бакӏал чӏезариялда хурхун гьабулеб хӏалтӏи цӏикӏкӏинабизе ккеялде. Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевас абуна туризм цебетӏезабиялде руссарал программаби гӏемер ругин. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабаздалъун жакъа гьел программабазда гъорлъ гӏахьаллъиги гьабун, пачалихъалъ гьабулеб кумек къабул гьабизе гӏемерисел хӏадурун гьечӏин. Данделъиялъул ахиралда цо-цо гьелъул гӏахьалчагӏаз кьуна жидерго суалалги."}
{"slug": "18424-shamil-gialiev-iskusstvo-khiak-ik-iyal-gielmabazul-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18424-shamil-gialiev-iskusstvo-khiak-ik-iyal-gielmabazul-bugo", "title": "Шамил Гӏалиев: «Искусство хӏакъикъиял гӏелмабазулъ буго»", "date": "2022-06-22 17:54:52", "categories": ["insan"], "text": "Гьаб ккола академик ва техникиял гӏелмабазул доктор Шамил Гӏалиевасулгун 2004 соналда гьабураб интервью.\nГьелъие гӏиллалъун ккун букӏана доб мехалда Россиялъул президентасул администрациялъул, хӏукуматалъул, хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул ва МВДялъул рахъалдасан академикасе «Ватӏаналъул къолден» абураб орден кьей.\nГьеб шапакъаталъ гьабураб асаралъул бицунаго, магӏарулазул рухӏияб бечелъиялъул къолденлъун вукӏине бокьилаанин жиндиеян абун букӏана Шамил Гӏалиевас.\n25 июнь гьев гьавураб къо букӏинги хӏисабалде босун ва академикасда гьебги баркулаго, ракӏалде ккана доб интервью цӏидасан газеталда бахъизе.\nБицен гьабулеб гара-чӏвариялда аслияб куцалда хабар ккун букӏана гӏелмуялдагун искусствоялда ва поэзиялда гьоркьоб бугеб бухьеналда тӏасан.\nХӏакъикъиял гӏелмабазул рахъалъ хъварал, столазда тӏад ричӏун лъурал рикӏкӏен гӏемерал тӏахьазда гъорлъ ругоан Чӏанкӏалги, Махӏмудилги, гьединго ахираб заманалда рахъарал гьанжесел поэтазулги тӏахьал. Хас гьабун автографалги хъван автораз гьесие сайгъат гьарурал тӏахьал ккола гьел.\n— Шамил, битӏараб бицани, гьелщинал тӏахьазда гьоркьосаги росун, гьанжесел шигӏрабазул тӏахьал дуца цӏалулел ратилин абураб жоялда щаклъизе бачӏунеб буго.\n— Дуда гьедин ккеялда гӏайибго гьечӏо, жалго автораздагицин кколеб мехалда. Масала, доб дуца сайгъат гьабураб тӏехьалда гьадинал мухъаз асар гьабунин диеян абидал, «Вагь, дуца эл кучӏдул цӏализегийищ цӏаларал», — ан чӏваркьун дихъ балагьун чӏана цо поэт.\nДица гьаниб батӏаго бихьизабилаан Мухӏамад Хӏамзаевасул «Цӏуне Аллагь, Дагъистан» абураб тӏехь. Исана соналда жаниб гуребги, ахираб заманалда гъодинаб магӏнаялъулги пасихӏлъиялъулги тӏехь къватӏибе бачӏун букӏинчӏо. Гӏадатго, мухӏканго, чваххулеб лъим гӏадин хъваялъ жакъасеб къоялъул гӏузраби цере рехизе лъаялъ, добе-анибе цӏачӏого рагьун гьезул бицине кӏвеялъ гьеб тӏехь бачӏинахъего рекӏелъе бортулеб буго. Дида ккола гьеб тӏехь тӏадегӏанаб литературияб премиялъе мустахӏикъаб бугилан, гьелъие хӏалтӏи гьабизе ккола.\nДица гьединго рехсела дие асар гьарурал цогидал авторазул тӏахьаздаса мухъалги (киназулго бицине хӏал кӏвелищха). «Дун Ахӏулгохӏалда чӏимихлъун анищ, чӏегӏерал къоязул къисмат бихьараб» — Мухӏамад Гӏисаев. «Тӏогьол михьи цӏулеб хӏатӏал канчӏаб най, хваниги рес гьечӏо мун йихьичӏого» — Махсутӏ Зайнулгӏабидов. «Эбелалъ гьавула ракьалда инсан, йокьулелъ гьавула гьев гьенив тасдикъ» — Гӏирбанил Хӏажияв. «Гӏарцул цӏад балезул зваргъиялда гъоркь дурги дирги гьаракь гьоркьоб къун бугин, къойил шигӏрабазул гӏор чваханиги, гӏадан регӏиладай нилъер кечӏалде» — Гӏайшат Малачиева. «Цӏорон унеб гӏорги гӏенеккичӏодай, тӏупарал мугӏрулги ралагьичӏодай. Гьечӏо дир абизе ургъараб рагӏи, гӏалам божулелда божии гурони» — Сабигат Мухӏамадова.\nГӏезегӏан гъорлъе ваккун цӏалана Рамазан Гӏабдулатӏиповас сайгъат гьабураб анлъабго тӏехьги. Гьенир лъун руго гьесул жиндирго кучӏдулги, гьезие хъварал бакъналги, квералъ рахъарал сураталги, гӏелмуялда ва политикаялда тӏасан хъварал макъалабиги. Бетӏергьанас цо чиясе гьабщинаб гьунар кьун букӏин бихьидал, ракӏалде рачӏана кӏудияб гьунаралдасаги кӏалъазе махщелалдасаги къали бухулел бергьунилан умумуз абулел рукӏарал рагӏаби. «Гӏакълу къварилъундай гӏантлъи боххулеб, махсаро ццидалаб мехалъул лъимер», — ян хъвалеб буго Рамазаница.\nПалхӏасил, гьанир цохӏо гьазул цӏарал рехсон таниги, Машидат Гъайирбеговалъулги, Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасулги, Залму Батировалъулги, Баху-Меседо Расуловалъулги цогидазулги творчествоги лъаларев, гьелъ асарги гьабичӏев чийин дунан ракӏалде ккезе бегьуларо.\n— Киса-кисаги бечедалщинал чагӏазда гӏарацги кьезабун, гьелги, хӏакимзабиги, депутаталги, гьезда релъаралги реццарал, гьелдаго цадахъ гъварилъиялъул махӏго гьечӏел, бегӏукъал кучӏдуз цӏезарурал тӏахьал риччалел рукӏиналда щибин дуца абулеб?\n— Цин гьезие (гьединал авторазе) лъикӏаб букӏинаан Чӏанкӏаги, Махӏмудги, Чӏиркъатӏаса Хӏамзатги, Инхоса Гӏалихӏажиявги, Ругъжаса Элдарилавги, Местӏерухъа Нурмухӏамадги (Чӏанкӏал мугӏалим) щал чагӏи рукӏаралали лъазе тӏалаб гьабуни.\nТӏагӏамабщиналъул тӏорги щун, колотӏа гӏурал гьугьунбачал гӏадин гогьдаризарун руго нилъ, магӏарулал, нилъер цересел шагӏирзабаз. Гьединлъидал гьездаса хадуб шигӏруялдаса нилъеца гӏемер жо тӏалаб гьабулеб букӏиналда гӏайибги гьечӏо. Амма нуцӏа къалеб мехалда рачӏарал пикрабазул авторал, ралъдалъе рехараб гамачӏ кинигин, заманалдасан рилула, кӏочон тола. Гӏадамазе рецц къваригӏун батани, гьебги гьабизе ккола, заманалдаса гьезда гьеб жидедаго чӏалгӏине бегьула. Гьединаб тайпаялъул чагӏи, мичӏчӏида бараб муру гӏадин, гьанже цӏакъго гӏемерлъун руго гӏалимзабазда гъорлъги. Щиб гьабунги, хунги рахъунги, тӏадегӏанал цӏарал щвечӏого чӏоларо гьел, ахиралда нухазда, къватӏазда гьезул цӏаралги лъезарула дозул гӏага-божараз.\nАбухъего, церетӏурал къватӏисел пачалихъазда сунда букӏаниги, пуланав чиясул цӏар лъола гӏицӏго гьев чи хун 15-20 соналдасан. Гьеб заманалда жанив гӏадамазда кӏоченчӏого вугищ гьевали халгьабула доба. Палхӏасил, рецц бокьунилан гӏадамал (шагӏирзаби) какичӏого, щибго кӏвар кьечӏого тезе ккола, гьелда тӏад заман хвезабун щай нилъей. Гӏелмуялъулъго гӏадин, поэзиялъулъги кида-къадги тӏатуна къагӏидабиги ххвелалги гьари.\n— Муи йокьулеб ххвелги гьабун, Махӏмудицаги инкар гьабулеб букӏун гьечӏин цогидал руччабазул рокьудасайин гурищ абулеб?\n— Цохӏо Муиги йокьун, гьел рокьул кучӏдул хъвазе ресго букӏинчӏо, гуребани гьеб мекъи букӏинаан, цинги гьесул шигӏруги гӏорхъичӏвараб букӏунаан. Рокьул чанго батӏияб даража буго. Киналго гӏадамаз цебе чӏезабулеб жо гуро рокьи кколеб. Хӏакъикъаталда гьеб буго (бихьинчиясул мисалалда абуни) бокьараб ригьалъул чӏужугӏаданалъулъ бугеб хаслъи батун, гьелдаса рохизе лъай. Гӏолохъанал ясазухъго гӏадин, нусго сон барай кӏодохъги ккезе бегьула рокьи. Амма гьеб батӏияб рокьи букӏуна (дол гӏолохъанал ясазул улбузул цояй хӏисабалда бижараб рокьи).\n— Гӏелмуялъулги искусствоялъулги бухьен щиб?\n— Искусство гьелъулъин бугеб. Искусство унго-унгоги бичӏчӏизе къваригӏани, математикаллъун рукӏине ккола. Масала, гьединав вукӏана къокъаб заманалда жанив машгьурлъарав академик А. Сахаров. Нилъеда берда цебе лъун бихьулеб жо искусство батани, математика ккола батӏи-батӏиял дандекквеяздалъун, жура-гъураяздалъун гьеб нилъеда сверухъ бугеб хӏакъикъат тарихаздалъун хъвалеб искусство.\n— Моцӏроде роржиналда хурхараб уравнениялъулъ поэзия кибха бугеб?\n— Гьенибгоха, поэзия батӏи-батӏияб къагӏидаялда хъвазе бегьула. Гӏицӏго рагӏабаздалъун гуреб, рекӏел хӏалалдалъун бичӏчӏизе ккола гьеб. Цо заманалда музыка рикӏкӏунаан математикаялъул цо бутӏалъун. Амма хадуб баянлъана музыка гьелдасаги тӏадегӏанаб букӏин. Поль Валерица хъвалеб буго кьурдулей гӏаданалъул гьеб кьурдудехун щибго бухьен букӏине кколарилан. Ай, кьурдулеб мехалда жийго щияли гьелъ хӏисаб гьабулеб бугони, гьей кьурдухъан кколаро. Валерица абухъе, хӏакъикъаталда гьелъул кьурди ккола черх гьаваялда хъва-хъвадизаби (размазывание тела в пространстве).\nАмма гӏелмуялъ жеги лъикӏалан лъазабун гьечӏо магӏаби гьаризе бугеб махщел. Хвел букъулеб параялъго ракӏалдеги рачӏуна гьел, щибаб нухалда батӏи-батӏиялги рукӏуна. Магӏихъабазда цогидав чиясул къварилъи жиндирго гӏадин бичӏчӏизе кӏвеялда хӏикмалъизе бачӏуна. Гьаб асаралъ чи Аллагьасдеги гӏагар гьавула. Цебе магӏарухъ Бахул Гӏайшатицаги Чӏанкӏал яцалъги магӏаби гьарулеб мехалда ракӏ тӏутӏун унеб асар гьабулаанилан бицуна кудиял чагӏаз. Гьебго заманалда магӏабаз гӏадамазе мадарги лъугьинабуларищха. Гьанже лъугӏун-тагӏун унел руго гьел, хасго гьанир, шагьаразда.\nАбухъего, шагьаралда чиясул гӏамал-хасият тӏадеялдаса тӏаде мукъсанлъулеб буго. Берцинго херлъизе толел гьечӏо гьанир гӏадамал. Шагьаралда херав чи довго ахӏмакъ вукӏуна. Росулъин абуни херасул къадру-къимат букӏуна, гьесул рагӏи гӏинде босула. Гьаниб, гьитӏинлъи-кӏодолъи цӏехечӏого, киназего къваригӏун букӏуна киназдаго тӏасан кӏанцӏизе.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ."}
{"slug": "18425-25-abileb-forumalda-gaburab-16-k-otii-k-aj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18425-25-abileb-forumalda-gaburab-16-k-otii-k-aj", "title": "25-абилеб форумалда гьабураб 16 къотӏи-къай", "date": "2022-06-22 19:58:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана 25-абилеб нухалда тӏобитӏараб Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда (ПМЭФ-2022) Дагъистаналъ 16 батӏияб къотӏи-къай гьабуна туризмалда,\nСбербанкалда, ВТБялда, гӏелмуялда, экологиялда, нухазул магӏишаталда ва цогидалда хурхун.\nДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 20 июналда ДРялъул нухмалъиялда\nтӏобитӏараб данделъиялда Сергей Меликовасбицана, масала, ВТБялъулгун гьабураб къотӏи-\nкъаялда рекъон, республикаялда цебетӏелин къарзалъе гӏарац кьеялъул къагӏида, рес щвелин\nбанкалъул цогидал хъулухъаздаса пайда босизе.\nГьединго РЭОялъулгун (Россиялъул экологиялъул оператор) хъвараб къотӏи-къай сабаблъун 10 млрд гъурущ харж гьабизе буго республикаялда рищни-къул бакӏарулел, гьеб бацӏцӏад\nгьабулел объектал раялда тӏад.\nРоссиялъул Гӏелмабазул академиялъулгун гьабураб къотӏи сабаблъун рес буго нилъер росдал\nмагӏишаталъеги ракьулъа магӏданал рахъиялъеги пайда бугел гӏелмиял цӏех-рехал цӏикӏкӏун\nгьаризе, Терек гӏоралда хурхун раккулел суалал тӏуразе.\nГьединго гьанжегӏагар Сергей Меликовас журналистазе пресс-конференцияги кьуна ПМЭФалъул\nхӏасилалги гьарун.\nГьесул пикруялда рекъон, нилъер регионалдехун «Газпром» гӏадал чӏахӏи-чӏахӏиял компаниязул кӏвар букӏиналъул магӏна ккола республикаялъул росабалъегун шагьаразде газ бачун бахъинабизе улкаялъул президент Владимир Путиница цебе лъураб масъалаги.\nГьеб форумалда къотӏи ккана республикаялда газомоторнияб абулеб цӏатариялъул комплексал церетӏезаризеги. Азербайжаналдегун Ираналде къайи-цӏа баччулеб нух нилъер гьанисан бугеб мехалда гьединаб цӏатариялъул кӏвар цӏикӏкӏараб букӏина.\nГьеб киналдаго гьоркьосан форумалда бищун гӏемер бицана нилъер республикаялда, гьединго\nулкаялда туризм цебетӏезабизе ккеялъул хӏакъалъулъ.\nГьелда хурхун ПМЭФалда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул бетӏер Меликовас абуна ковид\nтӏибитӏаралдаса, дунялалда политикаялда сверухъ ахӏвал-хӏал хисаралдаса нахъе нилъерго улкаялда жанисеб туризм цебетӏеялъе нухал рагьанила, гьединлъидал рачӏайила къватӏисел\nпачалихъаздаса нахъе къачӏел шартӏал нилъерго гьанирги гӏуцӏизе. Гьедин гьес рехсана\nтӏабигӏаталъул, рагъул тарихалъул ва цогидаб рахъалъги туризм цебетӏезабизе бегьулел Камчаткаги,Севастопольги, Калмыкияги.\nДагъистаналда кванил нигӏматазул къварилъи гьечӏо\nСергей Меликовасда цадахъ ПМЭФалде ун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председатель\nГӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги.\nМасала, гьев гӏахьаллъараб цо данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана гьабсагӏаталда дунялалда лъугьараб политикиябгун жамгӏияб ахӏвал-хӏалалда бан кванил нигӏматазул нахърател гӏураб бугищ-гьечӏищ абураб суал.\nНилъер премьерас бицухъе, чара гьечӏого хӏажатал кванил нигӏматал цо-цо улкабазда хиралъун руго 70-80 проценталъ. Гьелда бан рахӏатхвей загьир гьабун буго Индия, Бразилия, Сенегал ва цогидал улкабазул вакилзабаз. Тӏадежоялъе, Россиялдаги Украинаялдаги логистикаялъе квалквалал ккеялъ 52 улкаялде баччичӏого хутӏулеб буго ролъ.\nЦо талихӏалъ, Дагъистаналъе гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏин абуна Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас:\n– Гӏемерисел нигӏматал нилъер гьанирго гӏезарулел ругелъул, ролъги чакарги хутӏизегӏан. Амма Ставрополь,Краснодар краяздаса бизнесчагӏазулгун ругел къотӏи-къаязда рекъон, гьеб кӏиябго нигӏмат камунги дагъистаниял хутӏиларин гӏодоре риччазарулел руго премьерас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, Дагъистаналда гӏезабулеб буго пихъилгун пастӏабазул нигӏматазул 1, 5 млн тонна. Гӏемер заманаялъ гьел жанир цӏунун тезе бакӏал гьечӏолъиялъ, цо заманалда (ихдал, хасало) нилъехъе гьел цогидал улкабаздасаги рачӏуна. Гьедин чияр нигӏматал росичӏого рукӏинелъун гьанже республикаялда ралел руго пихъилгун пастӏабазул нигӏматал жанир\nцӏунулел бакӏал. Дагьалъ цебе Гъизляралдаги Гъизилюрталдаги бан бахъана гьединаб лъабго бакӏ. Гьедин гьабуни, тӏубараб лъагӏалицаго нигӏматазухъ цого багьа букӏунин абуна Гӏабдулмуслимовас.\nСалул авлахъаздасагун\nсаранчаялдаса кин цӏунилел?\nФорумалда Калмыкиялъул бетӏер Бату Хасиковасгун Сергей Меликовас гъулбасана Дагъистанги гьеб республикаги цадахъ рекъон хӏалтӏизе.\nМасала, кӏиязго цадахъ лъугьун туризм цебетӏезабизе, гьелъие махщелчагӏи хӏадуризе, цадахъал ярмаркаби, лъай кьеялъул олимпиадаби, семинарал тӏоритӏизе. Гьединго росдал магӏишаталда хурхарал тадбирал гӏуцӏизе. Масала, гӏи-боцӏи хьихьулел бакӏал салул авлахъазде\nсверунгутӏиялъе хӏалтӏаби гьаризе.\nДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул рагӏабазда рекъон, мучӏдул\nсалул авлахъазде свери кӏиябго республикаялъе гӏахьалаб масъала ккола. Нилъер гьаниб Нугъай районалда руго гьединал ракьал. Советияб заманалда Калмыкиялда рагьараб фитоцентралда тӏаде кколеб букӏун буго гӏи-боцӏи кваналел бакӏал салул авлахъазде сверизе риччангутӏиялъул\nтӏалаб. Нугъай районалдаги букӏана хасаб питомник. Гьенир гӏезарулаан джузгун, терескен абурал гӏисинал гъутӏби.\nГьаб ахираб заманалда Нугъай районалдаги гьелъулгун гӏорхъода бугеб Калмыкиялъул ракьалдаги\nгьава-бакъги буго багӏарун, тӏокӏалъ чӏечӏого гьуралги руго рахъунел, ракьалъе хӏалхьи кьечӏого, тӏубарал лъагӏелаз гӏиги буго гьениб кваназе\nтолеб. Гьединлъидал бугеб-гьечӏеб гъветӏ-хер кьолболъанго бахъун, тӏагӏинабун, чӏегӏераб къо чӏезабулеб буго гьел ракьазда.\n1952 соналда абуни улкаялъул нухмалъиялъ хӏукму гьабун букӏун буго гьел ракьал рекьизе (гьениб бугеб гьава-бакъалда данде кколел нигӏматалги хьан).\nАмма тӏасияб гъатги бекьун, рехун тун буго гьеб. Цинги улкаялъул нухмалъиги хисун, гьел ракьазда бан гьабураб хӏукмуги кӏочон тун буго.\nГӏабдулмуслимовасул пикруялда рекъон, тӏад хер бижулеб тӏасияб\nгъат тӏагӏинабун бугоан доб мехалда.\nГьанже Россиялъул нухмалъулел гьеб суалалде тӏадруссун ругин\nбицана Гӏ. Гӏабдулмуслимовас.\nВолгоградалда бугеб Тӏолгороссиялъул агролесомелиорациялъул цӏех-рехазул\nинституталда гъорлъе унеб фитоцентрги гӏуцӏун, лъазарулел ругила мучӏдул салул авлахъалде свериялъе гӏиллабиги хадубккун гьеб масъала нахъчӏваялъе ресалги.\nАмма бухӏараб гьава-бакъалда дандечӏезе кӏолеб джузгун гӏадаб гъветӏ-хер, заз-хъарахъ гьениб гӏезабичӏого, батӏияб куцалда гьеб суал тӏубазе кӏвеялда щаклъи буго премьерасул. Щайин абуни чамалиго метралъ ракьул гъварилъуде кьибилги ун, жиндиего лъим балагьулила гьелъ. Гьединлъидал гьелъул кьалбаз ккун чӏезабулила ракьги. Гӏабдулмуслимовасул\nрагӏабазда рекъон, ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб пачалихъалъ субсидиялги кьун, ра-\nкьул бетӏергьабазда кӏун буго гьел ракьазул 17 азарго гектар цӏи гьабизе.\nСалудаса мучӏдул хвасар гьари гуребги, Калмыкиялъгун Дагъистаналъ цадахъаб хӏалтӏи гьабизе ккола саранчаялда дандеги.\n«2018 соналда (дун росдал магӏишаталъул министрлъун вугеб мех букӏана гьеб) нилъеца нилъерго гьаниса тӏагӏинабулаан саранча.\nЧанго сагӏаталдасан цӏидасан гъобго жо лъугьунаан Калмыкиялдасагун Ставрополь краялдаса роржун рачӏун гьезул тӏелалгун. Гьелдаса хадуб нижеца Нефтекумскалда хехаб куцалда данделъи тӏобитӏун букӏана гьеб суалги гьоркьоб лъун», — илан\nракӏалде щвезабуна Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\nКалмыкиялъгун Дагъистаналъ тӏубазе кколеб цогидаб суал ккола Каспий ралъдал рагӏаллъи кӏиязулго экономикаялъе пайдаяб куцалда хӏалтӏизаби.\nГьединго кӏиялго ургъизе руго гӏиял тайпаби камил гьариялда тӏадги. Гьелъие квербакъизе буго\nКалмыкиялъулгун Дагъистаналъул аграриял гӏелмиял центразги.\nБищун машгьурал дагъистаниял – Расулги Хӏабибги\nПМЭФалда гӏахьаллъана нилъер тележурналисталги — «Дагъистан» РГВКялъул информациялъул отделалъул шеф-редактор Раисат Юсуповаги «Дагъистан» ГТРКялъул журналистка Виктория Кубаеваги.\nПетербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалъ гьабураб асаралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Раисат Юсуповалъ «Хӏакъикъат» газеталъе:\n«Дунго дое щвезегӏан, гьададигӏанго кутакаб хӏалалда, кӏодого, Петербургалъул экономикияб форум тӏобитӏулеб батилилан ккезего кколароан. Балагьун бер щолареб, дунялгӏанасеб экспо-центр, цо метргицин нахъе хутӏичӏого, кьабун цӏезабун букӏана гӏахьалчагӏазул стендаз. Гьелги рукӏана цоцалъ къец бан къачӏарал гӏадал, гьанже заманалъул тӏалабазда рекъон гӏуцӏа-къарал. Масала, «Газпромалъ» бугоан 3D-технологиялги хӏалтӏизарун, хӏадурараб гӏажаибго берцинаб инсталляция – экраналда рихьизарулел рухӏчӏаголъаби рукӏана чӏагоял жал гӏадин, цӏорол гӏеркъазукьа къватӏире раккулел, гьанже гурел гьанже видеоялдаса къватӏире кӏанцӏун рачӏинехъин ругилан ракӏалде кколел гӏадал.\n«ВКонтакте» абураб социалияб сеталъул стендалъги гьабуна лъикӏабасар. Гьанже улкаялда Фейсбукги Инстаграмги гьукъун хадуса гьеб сеталъе машгьурлъи щолеб бугелъул, кигӏан кӏваниги гӏемер чиясул кӏвар буссинабизеги ккеларищха «ВКялъ» жиндехунго.\nНилъер республикаялъул стендалъул бицунеб бугони, гьеб букӏана Дербенталъул ганчӏил къадал гьабураб Нарин-хъала гӏадаб, меседил салул кьерги тӏад чӏвараб. Каспи ралъдал рагӏалда бугеб салул магӏна кколаан гьеб.\nГӏезегӏан чагӏи рачӏунел рукӏана гьенире. Хасго туризмалъул кӏвар бугоан гьезие – гастротуризм батаниги, этно яги экстремалияб батаниги. Гьаб риидал жал чара гьечӏого нужехъе щвезе кколин, жидеда Дагъистаналъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунебрагӏанилан рукӏана гьел. Туризмалда хурхун хӏадурарал буклеталги рикьулел рукӏана гьенир.\nГьаниб баян гьабизе ккола, цересел соназда нилъер республикаялдаса вакилзаби гӏицӏго гӏахьалчагӏи хӏисабалда унаан ПМЭФалде. Исана гурони хас гьабун Дагъистаналъулстенд лъечӏо гьениб.\nГьебин абуни тӏубан батӏияб даража ккола.\nГьединго Ростуризмалъул площадкаялдаги рихьизе бегьулаан Дагъистан ракӏалде щвезабулел жал\n– гьениб гьалбадерие нилъер урбагун цадахъ мугӏрул хурдузул чай кьолеб букӏана. Тӏоцебе гьеб урбадул хӏалбихьарал чагӏи рукӏана риххун хутӏун, сундул гьабулеб тӏагӏам гьаб\nабун. Цинги Ростуризмалъул вакилзабаз бицунеб рагӏулаан гьеб кколин умумулъанго дагъистанияз гьабулеб батараб кванил нигӏматилан. Жидерго рокъосезе яги гьудул-гьалмагъзабазе сайгъат гьабизеян, пластикалъул контейнеразда жанибе чӏванги унеб букӏана гӏадамаз урба цадахъ босун.\nДагъистаналъул хабар ккедал, бищун машгьурал дагъистаниял щал нужеда лъалелин гьикъидал, гьеб форумалда абулеб букӏана аслияб куцалда кӏиго чиясул цӏар — Расул Хӏамзатовасулги Хӏабиб Нурмухӏамадовасулги».\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "18426-khiazhizabi-k-vatiire-rakh-ana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18426-khiazhizabi-k-vatiire-rakh-ana", "title": "Хӏажизаби къватӏире рахъана", "date": "2022-06-22 20:09:45", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 июналда нилъер хӏажизабазул тӏоцебесеб къокъа къватӏибе бахъана.\nИсана Россиялдаса хирияб ракьалде сапар гьабизе буго 12 500 чияс.\nНилъер республикаялдаса хӏежалде ине вуго 7500 чи. Улкаялъул киналго\nрегионазда гьоркьоб гьеб ккола нилъее щвараб бищун цӏикӏкӏун квота.\nПандемиялъул хӏасилалда гьоркьоб къотӏунги букӏун, лъабго сон индал\nтӏоцебе гьабулеб хӏежалъул сапар буго исана байбихьулеб.\n— Санкциял лъазарун рукӏиналда бан, Россиялъе кьолеб квота 50 проценталъ дагь гьабуна исана, — ян бицана РФялъул «Хӏаж-миссиялъул» нухмалъулев\nХӏизбула Асуевас.\n— Гьеб букӏинчӏебани, 25 000 чиясе рес букӏана хирияб ракьалде сапар гьабизе. Амма санкциял\nсабаблъун квота дагь гьабуниги, улкаялдаса хӏежалде унел гӏадамазул хӏисаб гьабун, цебего гӏадин 50 процент хӏажизабазул нилъер республикаялдаса буго.\nБакътӏерхьул пачалихъаз Россиялъулгун кьал ахӏун букӏиналда бан, гӏемерал квалквалал кканин исанаян бицана Хӏ. Асуевас. Гьелъул хӏакъалъулъ\nнижеца гӏатӏидго бицина газеталъул хадусеб номералда. ИншАллагь."}
{"slug": "18427-iranal-ul-vakil-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18427-iranal-ul-vakil-dag-istanalda", "title": "Ираналъул вакил – Дагъистаналда", "date": "2022-06-22 20:12:29", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "22 июналда Махӏачхъалаялде вачӏана Россиялда вугев Ираналъул официалияв вакил Казем Жалали.\nЦо-цо баяназда рекъон, гьев дандчӏвазе вуго ДРялъул бетӏер Сергей Меликовгун, муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевгун, Дармилабгун промышленнияб палатаялъул нухмалъулелгун, ДГУялъул вакилзабигун.\nХадув гьев щвезе вуго Дербенталъул некӏсиял объектазде, Махӏачхъалаялда бугеб азербайжаназул мажгиталде, гьединго пачалихъияб гӏорхъода лъурал пунктазде.\nМахӏачхъалаялде вачӏиналде цебесеб къоялъ Казем Жалали щвана Грозныялдеги. Чачан республикаялдаги Ираналдаги гьоркьор дармилалги цогидалги бухьенал чӏезаризе ругел ресазул бицунаго, гьес абуна чачаназ жал росдал магӏишаталъул нигӏматаздалъун хьезаризе бегьулин, жидеца абуни Чачаналъе квербакъизе бугила информациялъул технологияздалъун, биотехнологияздалъун."}
{"slug": "18428-khiamzatil-rasulil-tsiiyal-tomal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18428-khiamzatil-rasulil-tsiiyal-tomal", "title": "Хӏамзатил Расулил цӏиял томал", "date": "2022-06-22 20:16:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏадеялъул, Аллагьас хъван батани, кӏодо гьабизе бугеб Хӏамзатил Расулил 100 сонилаб юбилеялде гьесул асаразул 10 том басмаялде бахъизе бугин бицана шагӏирасул яс Салихӏатица.\nРасулил 80 сон баялде магӏарул мацӏалда хъварал асаразул гьединабго 10 том биччан букӏана къватӏибе. Гьанже гӏурус мацӏалда гьединалго томал хӏадуризе ругин абуна литературиял журналазул бетӏерав редактор Мурад Ахӏмадовас.\nАмма гӏажаибаб жо, жакъа социалиял сетазда гьечӏо квер бегьун щолеб бакӏалда Расулил асарал данде гьарураб цониги сайт. Жакъа гӏемерисел интернеталде руссун ругеб мехалда, гьенир кӏудияв шагӏирасул кучӏдул щай гьечӏелин гьикъулел гӏемер руго. Гьеб суалги роцӏинеб батила юбилеялъул соналдегӏаги."}
{"slug": "18429-g-arachaj-cherkesiyaldagi-kiodo-gayuna-fazu-gialieva", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18429-g-arachaj-cherkesiyaldagi-kiodo-gayuna-fazu-gialieva", "title": "Гъарачай-Черкесиялдаги кӏодо гьаюна Фазу Гӏалиева", "date": "2022-06-22 20:21:35", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъарачай-Черкесиялъул культураялъулгун искусствабазул колледжалъгун Байрамуковалъул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялъ\nкӏодо гьабуна 100 соналъ цебе гьеб республика гӏуцӏиги ДРялъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубайги.\nБиблиотекаялъул залалда лъун рукӏана шагӏиралъул сураталги тӏахьалги.\nСтудентазгун преподавательзабаз рикӏкӏана гьелъул кучӏдул. Цинги Абазиназул театралъул артистка Людмила Хужевалъ магӏарул мацӏалда ахӏана Фазуца хъвараб кечӏ.\nДагъистаналъул хӏакъалъулъ цогидаз хъварал кучӏдул ахӏана колледжалъул студентазгун гьезул преподаватель Дина Дауровалъ. Гьединго нугъаязул кочӏохъан Майя Рамазановалъ ахӏана Расул Хӏамзатовасул «Къункъраби».\nКӏиябго республикаялда гьоркьор культуриялги, диниялги, миллиялги бухьенал щулалъиялъе лъураб бутӏаялъухъ шапакъатал кьуна КЧРалда вугев ДРялъул хӏукуматалъул официалияв вакил Мухӏамад Мухӏамадовас.\nМасала, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ\nминистерствоялъул Хӏурматияб гӏаламат кьуна КЧРалъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, рехсараб колледжалъул отделениязул заведующая Зарема (Таисия) Кардановалъе, Карачаевскиялъул «Водоканалалъул» генералияв директор, меценат Жашарбек Кочкаровасе.\nКЧРалда бугеб ДРялъул официалияб вакиллъигун цадахъ рекъон хӏалтӏаралъухъ нилъер республикаялъул министерствоялъ Баркалаялъул кагъат кьуна «Карачаево-Черкесия» ГТРКялъул корреспондент Зарема Кардановалъеги.\n«Дица абула Дагъистанги дир кӏиабилеб ватӏан кколин, дунги дагъистанияй кколилан. Анцӏ-анцӏ сон аниги, тӏезе течӏо дица курсцоязулгун бухьен. Лъала гьезул щивасул рокъоб бугеб ахӏвал-хӏалги. Маргьабалъ гӏадаб, гӏажаибго берцинаб тӏабигӏаталъ гуребги, дие кутакалда асар гьабла жалго дагъистаниязги. Гьанжеги Дагъистаналъул официалияб вакиллъи сабаблъун дир гӏагараб ватӏаналъулгун бухьен къотӏулеб гьечӏолъиялдаса кутакалда йохарайги чӏухӏарайги йиго дун. Нижер гьанив вугев вакил Мухӏамадги вуго цӏакъ жиндирго миллатги гьелда хурханщинабги бокьулев чи. Гьелъие гӏоло гьес гьарулелщинал тадбиразул бицун хӏалкӏоларо.\nАхиралдаги дие бокьун буго Расул Хӏамзатовасул рагӏаби ракӏалде щвезаризе:\n«Гьал дир орденалги дир медалалги\nДица дир мугӏрузул каранда рала,\nДий щибго кӏваричӏо, гӏагараб тӏалъи,\nДуца лъураб тӏагъур гӏун буго дие», — ян бицана З. Кардановалъ\n«Хӏакъикъат» газеталъе.\nГьелъул рагӏабазда рекъон, Фазу Гӏалиевалда хурхун колледжалда гьабураб тадбир ккола лъагӏел байбихьаралдаса нахъего гьез тӏоритӏарал батӏи-батӏиял тадбиразул цо гӏаммаб хӏасиллъун – студентал гӏахьаллъун руго Фазул кучӏдул рикӏкӏиналъул, ахӏиялъул, творческиял макъалабазул конкурсазда.\nЗ. Хӏажиева"}
{"slug": "18430-tsiumazul-ulkayaldasa-shagiiral-ul-yubilej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18430-tsiumazul-ulkayaldasa-shagiiral-ul-yubilej", "title": "Цӏумазул улкаялдаса шагӏиралъул юбилей", "date": "2022-06-22 20:28:48", "categories": ["barkiyal"], "text": "24 июналда Авар театралда тӏобитӏизе буго Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Сабигат Мухӏамадовалъул юбилеялда бан гӏуцӏараб тадбир.\nШагӏир ва хъвадарухъан Сабигат Мухӏамадов гьаюна 1962 соналда Цӏумада\nрайоналъул Инхокъвари росулъ. Лъугӏизабуна ДГУ ва хӏалтӏана Гъизилюрт районалъул централияб библиотекаялда.\nГьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Республикаялъулаб миллияб библиотекаялда.\nСабигатица «Дун — магӏарулай» абураб цӏаргун тӏоцебесеб кечӏ хъвана 15 сон бараб мехалда. 1979 соналдаса нахъе гьелъул кучӏдул рахъана Цӏумада районалъул «Колхозчи», республикаялъул «Багӏараб байрахъ» газетазда ва «Гьудуллъиялда».\n1992 соналда «Кьурда тӏегь» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе биччана тӏоцебесеб\nтӏехь. Гьелда хадубго, ай гьебго соналда, Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялъ къватӏибе биччана «Рокьи»абураб шигӏрабазул мажмугӏги.\nГьелдаса хадубги къватӏире рачӏана «Эбел», «Цӏумазул улка», «Ганчӏида бараб как», «Пикрабазул нухлулал», «Шагӏиралъул балъголъи», «Рекӏел рекелал»,«Хасалил бакъ», «Тӏерхьунареб бакъ.\nКучӏдул ва поэмаби», «Гъамбулат-афандил иллагьияб ракӏ», «Бухӏараб гьури»,«Цо гъалалъул балъголъи», «Цо медалалъул кӏиго рахъ», «Ахирисеб дандчӏвай», «Кавказалъул кьуру», «Яц» абурал тӏахьал.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ Сабигат Мухӏамадовалда баркула юбилей ва гьарула щулияб сахлъигун творческиял бергьенлъаби."}
{"slug": "18431-mak-sudovasul-tsiar-kuni-rek-arab-bukiinaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18431-mak-sudovasul-tsiar-kuni-rek-arab-bukiinaan", "title": "Макъсудовасул цӏар кьуни, рекъараб букӏинаан", "date": "2022-06-22 20:52:14", "categories": ["insan"], "text": "Исана ноябралда тӏобитӏизе буго ДГМУялъ 100 сон тӏубаялъул юбилей.\nГьел соназда жаниб ДГМУялъе нухмалъи гьабуна 13 чияс. Байбихьуда\nгьеб хъулухъалда цӏар букӏана «директор» хадуб — «ректор». Гьайгьай,\nщивав директор-ректорас саламатаб бутӏа лъуна ДГМИ-ДГМА-ДГМУ\nцебетӏезабиялда. Амма Мухӏамад Макъсудовас ДГМИялъе ректор-\nлъи гьабурал сонал рикӏкӏуна гьелъул коллектив щула гьабурал ва\nхӏалтӏулъ чӏахӏиял хӏасилал ккараллъун.\nМухӏамад Макъсудов гьавуна 1913 соналъул анлъабилеб февралалда Авар округалъул (гьанжесеб Шамил район) Гьолокь росулъ. Дол соназда магӏарухъ букӏинчӏо официалияб медицинаялъул кинабгӏаги хъулухъ.\nМухӏамадил кӏудада вукӏана халкъияв местӏер, гьес сах гьарулаан Хунзахъ округалъул унтарал. Лъимерлъудаса нахъего Мухӏамадилги анищ букӏана кӏудадаго гӏадав местӏерлъун\nвахъине. Амма байбихьуда рукӏана росдал школалда цӏали (1925-1930), хадуб – Дербенталъул ва Буйнакскиялъул педагогиял техникумал(1930-1933). Цӏали лъугӏидал, ай 1933\nсоналда, ДАССРалъул Наркомпросалъул буюрухъалда рекъон, 20 сон барав гӏолилав витӏана Гьолокь росдал тӏубачӏеб гьоркьохъеб школалъул директорлъун. Гьенив Мухӏамад хӏалтӏана кӏиго соналъ (1933-1935).\n1935 соналда Мухӏамад цӏализе ана Москваялъул стоматологияб институталде. 1939 соналда лъугӏизабуна гьеб ва тӏад вуссана Дагъистаналде.\nХӏалтӏана Махӏачхъала шагьаралъул стоматологияб поликлиникаялда ва больницаялда. Эркенаб заманалда дарсал кьолаан зубоврачебнияб школалда.\nГьайгьай, гӏолохъанав тохтурасул рукӏана букӏинеселде чӏахӏиял анищал, бокьун букӏана цӏияб къагӏидаялда хӏалтӏи гӏуцӏизе, хӏалбихьи цӏикӏкӏинабизе, лъай гъварид гьабизе ва махщел цӏубазабизе.\nАмма гьеб киналдаго тӏад хӏучч цӏана рагъалъ. Макъсудов\nахӏана рагъулаб хъулухъ тӏубазе ва тӏамуна №3187 эвакогоспиталалъул челюстно-лицевой отделениялъул начальниклъун. Гӏемер заман иналдего тӏамуна госпиталалъул начальниклъун, гьединго Северияб Кавказалъул фронталъул эвакогоспиталазул челюстно-лицевой отделениязул бетӏерав хирурглъун.\nГьелдаго цадахъ гьес дарсал кьолаан госпиталияб хирургиялъул кафедраялда, рачунаан стоматологиялъул курсал.\n1941 соналъул кватӏараб хаслихълъуда немцаз жигар бахъулеб букӏана Кавказалде рорчӏизе.\nМахӏачхъалаялъул клубал, кинотеатрал, школал сверизаруна госпиталазде. Гӏемерисеб мехалда\nгӏолохъанав хирургас жинцаго гьаризе кколаан захӏматал операциял.\nДоб заманги ракӏалде щвезабун,Мухӏамадица абулаан: «Гӏолохъанаб мехалда кинабго жо, хӏатта бищунго захӏматал ишалги, бигьалъула.\nАмма челюстно-лицевой отделениялда хӏалтӏулел тӏоцересел къоял дие рукӏана гӏумруялда жанир бищунго захӏматаллъун», — ан.\nРагъул ва рагъдаса хадусел тӏоцересел соназда Макъсудовас гьабун буго лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун операция.\n1946-1951 соназда гьев хӏалтӏана рагъул инвалидазул госпиталалъул челюстно-лицевой отделениялъул начальниклъун. Республикаялъул нухмалъиялда бихьана гӏуцӏарухъанлъиялъе Макъсудовасул бугеб гьунар ва 1951 соналъул 17 апрелалда Мухӏамад тӏамуна Дагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун, гьебго заманалда цадахъ бачунаан госпиталияб хирургиялъул кафедраялъул доцентасул хӏалтӏиги. Микьго соналъ хӏалтӏана министрлъун. Гьеле гьел соназда\nцӏидасан гӏуцӏана хасал ишазда тӏад чӏеялъул ва махщел камил гьабиялъул хъулухъал, рагьана 15 цӏияб больница, чамалиго диспансер, 600-ялдаса цӏикӏкӏун ФАП. Гьединго Махӏачхъалаялда рагьана нусго унтарасе бакӏ бугеб рахунел унтабазул больница, Буйнакскиялда –лъималазул больница, Дербенталда– туберкулезалъул больница, республикаялъул бруцеллезалъул больница, Гъаякенталда – санаторий,республикаялъул трахоматознияб ва психоневрологияб диспансерал, поликлиникагун ва стационаргун цадахъ цӏияб стоматологияб комплекс.\nРеспубликаялъул стоматологияб поликлиникаялда гӏуцӏана лъималазул отделение. Гьарурал операциязул хӏасилаздалъун ва профессионалияб къадруялдалъун Макъсудовас бетӏерлъи гьабулеб челюстно-лицевая хирургиялъул отделение лъугьана Северияб Кавказалда гьеб профи-лалъул бетӏераб центрлъун. Гьенир сах гьарулаан нилъер улкаялъул гӏемерисел республикабаздаса ва областаздаса рачӏарал захӏматго унтарал гӏадамал.\nДол соназда улкаялда, хасго республикаялда, гӏолел рукӏинчӏо лъайги махщелги бугел тохтурзаби.\nГьеб ахӏвал-хӏал хисизабиялъул мурадалда, 1959 соналъул декабралда Макъсудов тӏамуна ДГМИялъул ректорлъун. 1968 соналда гьесие кьуна «профессор» абураб гӏелмияб цӏар.\n25 соналъ (1984 соналде щвезегӏан)нухмалъи гьабуна гьес республикаялъул вузалъе, цого заманалда бетӏерлъи гьабуна стоматологияб кафедраялъе (1967-1973), хадуб – хирургиялъулаб стоматологиялъул кафедраялъе (1973-1989).\n25 соналда жаниб институт цебетӏезабиялъе гьес гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ цӏакъго халатаб буго.\nРагьана цӏиял отделениял ва факультетал: 1964 соналда – лечебнияб факультеталъул къасисеб отделение,1965 соналда – стоматологияб ва 1968 соналда – педиатрияб факультетал,1974 соналда – хӏадурлъиялъулаб отделение, 1983 соналда – тохтурзабазул лъай-махщел камил гьабиялъул факультет. Лъикӏаланго гӏатӏид гьабуна материалиябгун техникияб база:\nстудентазе бана 1400 бакӏ бугеб лъабго общежитие, морфологияб корпус,\nспортивияб комплекс, студентазе «Айболит» кафе, спортивиябгун сах гьариялъулаб лагерь; бана биологияб корпус; байбихьана Калининил цӏаралда бугеб проспекталда цӏалулгун лабораториязул корпусал разе. Гьебго заманалда хӏадурана гӏелмабазул 25 доктор ва 130 кандидат.\nДагъистаналъул гӏелмияб стоматологиялъе кьучӏ лъурав ва гьелъие бетӏерлъи гьабурав чилъун\nрикӏкӏуна профессор Мухӏамад Макъсудов.\nРекторлъун гьев вугел соназда ДГМИ лъугьана Россиялдаго къадруял вузазул цояблъун. Гьеб\nлъугӏарал тохтурзаби хӏалтӏулел рукӏана Совет Союзалъул киналго республикабазда. Гьел республикабазул вакилзаби рачӏунаан нилъер тохтурзаби жидехъе хӏалтӏизе ритӏеян гьарун, киса-кибего цӏар ун букӏана гьезул лъай-махщалил.\nЖакъаги Макъсудовасул гӏелмиял хӏалтӏабазул бечедаб ирсалъул къадру-къимат хун гьечӏо. Сахлъи цӏуниялъе кӏвар бугел масъалаби рорхарал гьесул нусгогӏанасеб гӏелмияб\nхӏалтӏи ва монографиял рахъана Россиялъул гӏелмиял журналазда.\nКӏудияб практикияб кӏваралъе мустахӏикълъана Макъсудовасул ургьисаго ругел гьурмазул гӏунгутӏаби сах гьариялъе операциял гьаризе кколеб къагӏида малъулел хӏалтӏаби.\nМакъсудов гӏемерал соназда хӏалтӏана цабзазул рижи-байбихьи (зачатки) цо бакӏалдаса цоги бакӏалде ва цоги чиясул чӏандероялда рекӏинабизе бегьулеб къагӏида –\nзахӏматаб масъала лъазабиялда тӏад.\n1967 соналда гьес цӏунана «Материалы к гомотрансплантации зубных зачатков» абулеб темаялда хъвараб докторлъиялъул диссертация.\n1970 соналда басмаялда бахъана «Гомотрансплантация зубных зачатков» абулеб гьесул монография.\nГьеб гӏелмияб хӏалтӏиялъ рес кьуна цӏияб даражаялда стоматология цебетӏезабиялъе. Цӏакъ кӏудияб кӏвар бугеблъун рикӏкӏуна, Макъсудов тӏад хӏалтӏун, хӏадур гьабураб ва практикаялда хӏалтӏизабураб цабзазул рижи-байбихьи (зачатки) цо бакӏалдаса цоги бакӏалда ва цоги чиясул чӏандероялда рекӏинабизе рес кьолеб къагӏида.\nХалкъалъе гьабураб хъулухъалда рекъон, Ватӏаналъ гӏемерал шапакъатал кьун, кӏодо гьавуна профессор Макъсудов. Гьесие кьуна Багӏараб Байрахъалъул Захӏматалъул кӏиго\nорден, «Хӏурматалъул гӏаламат» орден, СССРалъул микьго медаль, «Отличник здравоохранения СССР» ва «Отличник высшей школы» абулел гӏаламатал. Гьев мустахӏикълъана ДАССРалъул ва РСФСРалъул мустахӏикъав тохтур, ДАССРалъул ва РСФСРалъул гӏелмуялъул мустахӏикъав\nхӏалтӏухъан абурал цӏаразе.\nМакъсудов гӏумруялдаса ватӏалъана 1993 соналъул 31 декабралда.\nМашгьурав гӏалимчи ва хирург Мухӏамад Макъсудовасул нусго\nсонилаб юбилеялда бан, 2013 соналъул 15 июлалда Шамил районалъул Хӏебда росулъ тӏобитӏун\nбукӏана данделъи. Гьениб хӏукмуги гьабун букӏана ДГМАялъе профессор М. Макъсудовасул цӏар кьеялъе квербакъи гьабеян абун, ДРялъул президентасул ишал тӏуралев Р.\nГӏабдулатӏиповасде хитӏаб гьабизе.\nАмма хӏасил ккечӏо. Гьединлъидал Шамил районалъул халкъалъул рахъалдасан ДРялъул бетӏерасде ва хӏукуматалде гьединабго хитӏаб гьабулеб буго гьанжеги. Хьул буго\nгьаб нухалдагӏаги республикаялъул нухмалъиялда нижер гьаракь рагӏилин ва, ДГМУялъе Макъсудовасул цӏарги кьун, гьев абадиялъго кӏочонаревлъун гьавилин абураб.\nНури Нуриев"}
{"slug": "18520-rool-lakhizatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18520-rool-lakhizatal", "title": "Роол лахӏзатал", "date": "2022-06-28 09:08:56", "categories": ["tab"], "text": "Рии бачӏарабго, нилъее киназего эркенаб заман мукагӏалъи бугеб ва эркенаб лугьине гьабизе бокьун букӏуна. Хаслихъе, роол заманги ракӏалде щвезабун, «Вахӏ, дица гьаб нухалъ ракӏалда букӏараб кинабго тӏубазабуна» — ян абулеб хӏалалъ. Кин тӏамилеб роол эркенаб заман Махӏачхъалаялда? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго гӏолилаз.\nНаписат, 20 сон\nЛьида щиб ракӏалде кканиги, Махӏачхъалаялда цӏакъ аваданго бажарула рии тӏобитӏизе (узухъда, тӏом тӏаса бахъун лъолеб гӏада багӏари гуребани). Бищун цере – шагьаралъул гӏемерал паркал ва скверал, цодагьаб цере льурал цӏиял газонал рикӏкӏун, ва тамашаял кафеял. Дир университеталда аскӏоб буго «Плов» абураб кафе – гьениб бегьула гӏорцӏизегӏан тӏагӏамго ва, студентасе бищунго лъикӏаб жо – учузго кваназе. Дие бищунго бокьулеб тӏахьазул тукен «Магасалдаги» бегьула, мунго техьгун цадахъ, яги гьудулзабигун цо-кӏиго кофе гьекъезе ва гӏодор чӏезе жанире лъугьине.\nХадижат, 22 сон\nМахӏачхъалаялда риидал бокьарабги микьго тӏокӏабги гьабун бажарула. Чвердезе яги гьадинго ралъдал рагӏалде ине, цо босани. Паркалда харда гӏодор чӏезе яги электросамокаталда рекӏине, тӏохда бугеб кинотеатралде яги аквапаркалде ине, кӏиабизе босани. Таргъуялде, гонкабазде, яги, цӏакъго ине бакӏ батичӏони, гӏагаразул ва гьудлзабазул берталъе хьвадизе, лъабабабизе босани.\nБарият, 19 сон\nДица абула Махӏачхъалаялда ругел щинал рахӏатал рестораназде ва кафеязде ине кколилан, ахирисеб заманалъ гьанир гьел цӏакъ гӏемер гӏуна. Риидалде щибаб кафеялъ тамашалъилел гаӏдал цӏиял нигӏматал ургъулел рукӏуна. Дие бищун рокьулел кафеял: «Шоколадница», «Love is berry», “Итальянская пиццерия».\nМаликат, 20 сон\nДие цӏакъ бокьула общепиталъул бакӏазде хьвадизе. Дагьалъ цебе Авартеатралъул тӏохда рагьараб кафеялъ цӏакъ хикмалъизаюна. Амма бищун тамашаяб отпуск мугӏрул росулъ гурони, кибниги букӏунаро. Гьабсагӏатил туристазда гьоркьой Хунзахъе я Гъунире ине захӏматаб буго – гьебмехалъ рекӏун уна дурго ватӏаналде, эбел-инсудеги, кӏодоэбелалдеги ва кӏудададеги щвезе.\nГӏиса, 20 сон\nРегун-рахъизе, кьижизе ва кваназе.\nЭлнара, 20 сон\nАхирисел соназ Махӏачхъала цӏакъ берцинлъана. Рагьарал щинал кафеял, ресторанал, тукаби, аттракционал, кинотеатрал рикӏкӏун бажаруларо. Амма киназего кваназе бокьулеблъидал, дир нужей гӏакълу — «MyRecept» абураб кафеялде жанире лъугьа. Гьенир гӏадал цӏакъал гьуинлъаби кирниги кун рукӏинчӏо.\nЗайнаб, 22 сон\nДие гӏасиго бокьула гӏорцӏизегӏан кваназе! Вегетарианцазул квен гурони кунарелъул, дие цӏакъ рокьула салатал ва хумус (ххараб нухӏутӏги, кунжутги ва кунжуталъул нахги жубазабураб урба гӏадаб жо). Пихъ-мичӏги босун, ралъдал рагӏалде иналдаса лъикӏаб жо гьечӏо. Цо дагьалъ цебе гьениб рагьана «Аллея родителей» абураб хӏухьбахъиялъул бакӏ. Лъималазеги, кӏудиязеги бакӏ рахӏатаб бакӏ буго гьеб.\nЦоги: Гъизилюрталдаса добегӏан буго Манапаул абураб росу, Хӏабиб Нурмухӏамадовасул инсул ватӏан. Гьеб Манапаулалда буго Шайтӏан абураб хӏор. Махсара гуро! Гьениб буго цо гьитӏинаб хъахӏилаб гамаги. Сверун рохьалъ ккураб, ракӏ бахиллъилеб берцинлъиялъул бакӏ буго гьеб.\nИндира, 21 сон\nЛенинил Комсомолалъул цӏаралда бугеб паркалда дагьалъ цебе рагьараб Чёртово колесоялде рекерулел рихьана гӏемерал чагӏи. Берцинаб бакӏ буго, амма, гӏадамал гӏемерлъиялъ, чан сагӏаталъ иргаялда чӏезе ккелебали лъаларо.\nРалъдал рагӏалде дун бакъ баккулеб гӏужалъ гурони унаро, хутӏараб заманалъ цӏакъ гӏемер чи вукӏуна. Чуял рихьизе ва гьезда рекӏине ине бегьула «Зебра» (цебеккун гьелда абулаан «Ватӏан») чуязулгун спортивияб комплексалде. Гьенибго буго цӏакъ кӏудияб, гӏурччинаб, санагӏалъи бугеб ракь, тӏабигӏаталъул берцинлъиялдаса лазат босизе ва хӏухьбахъиялъе гӏодор-чӏере бокьани.\nМухӏамадова Аминат,\nДГУялъул ОЖялъул студентка, 3 курс"}
{"slug": "18596-s-melikov-khunzakh-tial-iyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18596-s-melikov-khunzakh-tial-iyalda", "title": "С. Меликов — Хунзахъ тӏалъиялда", "date": "2022-06-30 12:52:16", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Расул Хӏамзатов витӏарав вукӏун вуго: мугӏруз пана гьарулел руго. Гьанже бичӏчӏана дида Хунзахъ районалда гьалгощинал гьунар тӏокӏал шагӏирзабиги хъвадарухъабиги щай ругелали».\nГьедин абуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас 29 июналда Хунзахъ районалде щведал.\nГьесул сапаралъул аслияб мурад кколаан тӏасияб соналда нилъеца кӏодо гьабизе бугеб Расулил юбилеялда хурхарал суалал дандрай. Гьев гьединго щвана чанго батӏияб бакӏалде, кӏалъана бакӏалъул гӏадамалгун.\nРалъдал гьумералдаса 1800 метралъ борхалъиялда бугеб Макьасда Меликов ана Шамилил наиб — Хунзахъа Хӏажимурадиегун машгьурав хъвадарухъан Лев Толстоясе лъураб памятникалъухъ балагьизе.\nГьенирго туризм цебетӏеялъе ругел ресалги рихьизаруна гьесда. Телеграмалда бугеб ДРялъул бетӏерасул администрациялъул каналалда лъураб видеоялда инвестор ва Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровас Сергей Меликовасе бицунеб буго Макьасдаги жибго районалдаги разесел туризмалъулги промышленниялги объектазул хӏакъалъулъ.\nГьебго Телеграм-каналалда хъвалеб буго Хучбаровас Меликовасе баркала кьунила хӏукуматалъ районалъе гьекъолеб лъим бачиналъе рогӏоро лъезе гьабураб хӏукмуялъухъ.\nМеликов щвана Цӏадаве – «Хъахӏал къункърабазе» бараб памятникалдеги Хӏамзатилгун Расулил рокъовеги. Гьесда рихьизаруна некӏсиял тӏагӏалабиги, сураталги, Хъандулалъ рессарал давагьабиги.\nГьенисан республикаялъул бетӏер ана Саху Дибирчуевасул цӏаралда бугеб Хунзахъ районалъул больницаялде.\n110 койкаги бугеб, гьанже заманалъул тӏалабазда рекъон бараб бакӏ ккола гьеб. Амма хӏухьладалъун больница хинлъизабиялъул иш лъикӏ гьечӏин бицана Меликовасда больницаялъул хӏалтӏухъабаз. Гьес рагӏи кьуна гьеб суал тӏубазе.\nГьелда тӏаде районалда буго жеги участкаялъул кӏиго больницаги (Харахьигун Гьоцӏалъ), амбулаторияги, 50 ФАПги.\nХадуб С. Меликовасда бихьизабуна республикаялъул инвестициялъул программаялда рекъон 308 цӏалдохъанасе гьениб аскӏобго, Гӏарани, балеб школаги. Цӏалул корпусго гӏадин, гьениб букӏине буго кваналеб бакӏги, общежитиеги, спортзалги, расандизе, хӏазе майданалги.\nАмма Меликовас бадибчӏвай гьабуна жибго школа балеб къагӏидаялда ва гьеб хадуб бехъерхъизабулеб букӏиналда бан.\nРеспубликаялъул бетӏергун цадахъ цо-цо объектазде щвана Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул бетӏерай редактор Фатима Мухӏамадоваги. «Хӏакъикъаталъе» гьелъ кьуна гьадинаб баян:\n«Республикаялъул цере рукӏарал нухмалъулезги гӏагараб районалде гьарурал сапаразул хъвазе ва дирго берда бихьизе рес щун букӏиндал, унтун йикӏиналъухъ балагьичӏого, ригьдаго къокъана дун Сергей Меликовасулгун дандчӏваялде.\nЩвана ралел объектазде, туризм цебетӏеялъе кӏудиял ресал ругеб Макьасде, больницаялде, Культураялъул рокъоре, музеялде, Хунзахъ росдал «Малыш» ясли-ахалде.\nЩибаб суалалде гъорлъе ваккун, гьарулел хӏалтӏабазул цӏехон, гӏунгутӏаби ратаралъуб бадибчӏвай гьабун, чӏванкъотӏараб болжалалде лъугӏизабеян лъазабулеб букӏана республикаялъул бетӏерас иш тӏаде босаразда. Дие гьеб мухӏканлъи кутакалда рекӏее гӏуна. Лъай кьеялде, сахлъи цӏуниялде щведалцин республикаялъул нухмалъулес 2023 соналъ тӏоритӏизесел тадбиразул бищун кӏвар бугеблъун Расул Хӏамзатовасул 100 сонилаб юбилей бихьизабулеб букӏинги къабуллъана. Узухъда, гьеб лъугьине ккола гӏасруялъул тадбирлъун. Гьедин лъугьине ккани, гьеб тӏобитӏизеги ккола киназулго къуватги, лъайги, бажариги цолъизабун.\nЖидерго лъай кьеялъул гӏуцӏиялда рагъулабгун ватӏан бокьиялъул рухӏалда кьолеб тарбия бихьизабурал ясли-ахалъул гьитӏичазе Меликовас сайгъат гьабуна акустикаялъул система, райбольницаялда бащдаб гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалъ хӏалтӏарав Адиев Абу Хӏасанович республикаялъул Конституциялъул къоялде Хӏурматияб шапакъаталдалъун кӏодо гьавеянги буюрана. Букӏана республикаялъул Бетӏерасул гӏадамазулгун гара-чӏвариязда гӏаданлъи-чилъиялъулаб бербалагьи, кумек гьабизе бокьи, гӏадатлъи.\nРахъи бугеб, баракатаб батаги республикаялъул тӏалъиялъул Хунзахъе гьабураб тӏоцебесеб сапар».\nПалхӏасил, Расулил юбилеялда хурхун районалда гьабизе буго 71 батӏияб тадбир (фестивалал, паркалгун азбарал къачӏай, больницабигун школал ва ясли-ахал церетӏезари, коммуналиябгун нухазул магӏишат рукӏалиде бачин ва цогидаб).\nЮбилеялда хурхарал тадбиразул ахӏилъун лъугьине руго «Мой Дагестан. Наш Расул» абурал рагӏаби.\nГьединго хӏадурун буго искусствоялъулгун культураялъул, литератураялъул церехъабазе Расул Хӏамзатовасул цӏаралда кьезесеб медалалъул эскизги."}
{"slug": "18598-ranal-ul-prezidentas-barkana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18598-ranal-ul-prezidentas-barkana", "title": "РАНалъул президентас баркана", "date": "2022-06-30 13:07:26", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Москваялда, Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул президиумалда тӏобитӏана генералияв конструктор Шамил Гӏалиевасулги РАНалъул президент Александр Сергеевасулги дандчӏвай.\nДандчӏваялда бицана Дагъистаналъеги РАНалъеги кӏвар бугел гӏелмиял масъалабазул хӏакъалъулъ, тӏадчӏей гьабуна хасал суалаздаги.\nДандчӏваялъул хӏасилалда хӏукму гьабуна гьединаб бухьенги камил гьабизе ва цогидал гӏелмиял централги гьелда гӏахьал гьаризе.\nАкадемик Александр Сергеевас Шамил Гӏалиевасда баркана «Торпедное оружие» абураб гьитӏинаб энциклопедиялъул иргадулаб ункъо том басмаялда бахъи ва гьарана хӏалтӏулъ икъбал.\n25 соналъ цере басмаялда рахъана «Торпедное оружие» абураб энциклопедиялъул тӏоцересел тӏахьал. Исана бахъана гьелъул жеги ункъо тӏехь. Басмаялда бахъараб анцӏила лъабабго томалъул редактор ккола академик Шамил Гӏалиев.\nЭнциклопедиялъул иргадулал тӏахьал басмаялде рахъи Ш. Гӏалиевасда баркана РФялъул Оборонаялъул министерствоялъулги, «Подводное оружие» абураб концерналъулги, «Тактическое ракетное оружие» абураб корпорациялъулги нухмалъулез ва РАНалъул президент, академик А. Сергеевасги."}
{"slug": "18623-saltia-l-el-chvakhuke-nukh-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18623-saltia-l-el-chvakhuke-nukh-gechio", "title": "Салтӏа лъел чвахукье нух гьечӏо", "date": "2022-07-01 08:02:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Цо-цо бакӏал къачӏан рахъи негӏан 29 июналдаса 15 июлалде щвезегӏан Салтӏа бугеб чвахукье нух къалеб бугин лъазабуна гьал къоязда Гъуниб районалъул администрациялъ.\nКин батаниги, чвахукье нух къаялъе гӏилла гьадин баян гьа- булеб буго Салтӏа росдал бегавул Шамил Каримовас:\n«Гьенире гӏемер рачӏуна гӏи синлъималги гӏунсбигун ва ко ляскабазда рекӏун сакъатал гӏадамалги. Хасго гьанже къва тӏисел пачалихъазде нухал къа ралдаса цӏикӏкӏана гьенире рачӏунел туристазул къадар. Гьединлъидал цоял къватӏире рачӏинегӏан, цогидал балагьун чӏезе кколел руго жанире ине.\nГьел цӏуна-къаялъул мурадалда (жанире-къватӏире рачӏине санагӏалъи букӏинелъун) къачӏазе кколел бакӏал руго гьенир. Жибго чвахукь бакӏалда жанирги (тӏаде-гъоркье лъугьунел бакӏазда) лъезе ккола квералъ кквезе къваригӏунел гӏурдул, мокъал. Цо талихӏалъ, чиясе къварилъи ккарал хӏужаби рукӏинчӏо гьанжелъизегӏан. Амма республикаялъул Туризмалъул министерствоялъ гӏарац биччазегӏан чӏечӏого, районалъул нухмалъиялъ, жидецаго сурсатги балагьун, байбихьана гьеб къачӏазе. 10-15 къоялда жаниб рагӏалде бахъинабизе ракӏалдаги буго»."}
{"slug": "18624-kir-kigian-garural-khvaral-va-ratial-aral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18624-kir-kigian-garural-khvaral-va-ratial-aral", "title": "Кир кигӏан гьарурал, хварал ва ратӏалъарал", "date": "2022-07-01 08:03:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "2020 соналда гьабураб Тӏолгороссиялъул халкъалъул хъвайхъвагӏаялъул хӏасилал данде росичӏого, Росстаталъ хӏадурараб документалда рекъон, 2022 соналъул 1 январалде Дагъистаналда гӏумру гьабулел гӏадамазул къадар бахана 3153,8 азарго чиясде.\n2021 соналда республикаялда гьабуна 43,6 азарго лъимер. 2020 соналда дандеккун 3445 лъимералъ дагь буго гьеб. Гьезул гӏемерисел ккола васал. Гьединго 2021 соналда хвараздаса цӏикӏкӏун буго тӏаде гьаруразул къадарги.\nБищун гӏемер лъимал гьарун руго Дагестанские Огниялда, Гъизилюрталда, Буйнакскиялда, Гъизляралда, Хасавюрталда, Каспийскиялда. Росабалъ гьел гӏемер гьарун руго Цӏунтӏа, Цӏумада, Гъарабудагъкент, Лъаратӏа, Шамил, Чӏарада, Гъизилюрт, Казбек, Рутул, Хасавюрт, Гӏахьвахъ, Болъихъ, Тарумовка, Буйнакск районазда.\nЧӏахӏиял чагӏи хвеялъул хӏужабиги дагьлъун руго. Амма гӏадамал гӏемер хун руго Гъизляр, Дагестанские Огни, Южно-Сухокумск, Буйнакск шагьаразда ва Кули, Нугъай, Хунзахъ, Сергохъала, Лак, Сулейман-Стӏал, Табасаран, Гъуниб, Тарумовка, Догъузпара, Курах, Бабаюрт, Чӏарада, Дахӏадаев, Хайдакъ, Мухӏарамкент, Хив, Гумбет районазда. 2020 соналда дандеккун гӏемерлъун руго гъоркьиса ратӏалъарал хъизамалги. Гьезулги бащдалдаса цӏикӏкӏарал (57,5 процент) руго росабалъ гӏумру гьабулел чагӏи."}
{"slug": "18626-besdal-l-imalaze-ruk-zal-shchveladaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18626-besdal-l-imalaze-ruk-zal-shchveladaj", "title": "Бесдал лъималазе рукъзал щвеладай?", "date": "2022-07-01 08:07:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда гьоркьоб лъун букӏана бесдал лъималазе рукъзал росиялъул суал.\nИсана гьел росизе ккола 396 лъимералъе (гӏаммаб къадар абуни 3950 лъимер). Гьелъие гӏоло 122 млн гъурущ федералияб централъ кьезе буго, 650 млн — республикаялъул бюджеталдаса.\nГьедин бицана гьениб ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслимов Гӏабдулмуслимовас.\nАмма гӏемерисел шагьараздаги районаздаги гьеб суал хадуб бехъерхъун хутӏулеб буго заманалда документал хӏадуричӏолъиялъ яги гьел рукъзал росизе кьолеб гӏарац цӏакъго дагь бихьизабиялъ. Масала, застройщиказе квадратияб цо метралъухъ жидеца кьолеб багьа хӏатталдаса ун учузго би- хьизабиялъ, щалниги разилъулел гьечӏо муниципалитетазе гьел рукъзал ричизе. Гьедин гьел багьаби лъагӏалабаз толел руго цӏи гьаричӏого. Гьединал районаллъун гьеб данделъиялда рехсана Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Хив, Цӏунтӏа, Чӏарада.\nГьединго бесдал лъималазе рукъзал росиялъул иш исана рагӏалде бахъинчӏого хутӏизе рес буго Махӏачхъалаялда, Дагестанские Огниялда, Табасаран, Лъаратӏа, Шамил, Кули, Гъизилюрт, Нугъай районазда."}
{"slug": "18695-khalk-azul-k-ismatal-ul-l-alki-tarav-imam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18695-khalk-azul-k-ismatal-ul-l-alki-tarav-imam", "title": "Халкъазул къисматалъулъ лъалкӏ тарав имам", "date": "2022-07-04 06:53:35", "categories": ["kkara-tar"], "text": "23 июналда, Махӏачхъалаялъул имам Шамилил проспекталда, ракӏалде щвеялъул хъорщода аскӏоб Дагъистаналъул ва Чачаналъул имам Шамилица 225 сон тӏубай кӏодо гьабураб тадбир тӏобитӏана. 25 соналъ халкъалъе эркенлъи цӏунизе къеркьарав цевехъанасул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана тадбиралде рачӏараз. Гьеб тадбир гӏуцӏана «Унсоколо» муниципалияб гӏуцӏиялъул «Ахӏулгохӏ» тарихиябгун культурияб ирс лъазабиялъул ДРООялъ.\nДанделъиялда гӏахьаллъана «Ахӏулгохӏ» ДРООялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаев, Шамил имамасул фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаев, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев, республика- ялъул бетӏерасул вакил, жамгӏияв хӏаракатчи Ахӏмад Гӏабдуразакъов, ДРялъул муфтияталъул вакил Ислам Ханмухӏамадов, Унсоколо районалъул жамагӏаталъул вакилзаби ва культураялъул нухмалъулев Гӏали Гӏабдулаев, Автодорожнияб институталъул кафедраялъул нухмалъулев Мухӏамад Мурадов, Шамилхъала поселокалъул ДЮСШалъул директор, РФялъул мустахӏикъав тренер Тӏагьир Шагӏбанов ва цогидалги.\nТадбир нухда бачана «Президентасул кумекчи» абураб ДРООялъул нухмалъулев Шамсудин Расуловас.\n«Гьаниб сверухъ чороклъи бакӏарун букӏунаан. Гьеб суал борхун нижеца хитӏаб гьабун букӏана тахшагьаралъул ЖКХялъул бетӏерасде. Кинабгӏаги хӏалтӏи гьаниб гьабичӏо. Гьеб мехалда нижеца гӏуцӏана жамгӏияб хъаравуллъи. Радал микьго тӏубаралдаса къаси 12 тӏубазегӏан Шамилил сурат бахъараб хъарщиялда сверухъ бакӏ цӏунизе чи тана. Нилъецаго цӏунизе ккола кӏудияв имамасул къадру», — янги абун, данделъи рагьана «Ахӏулгохӏ» ДРООялъул нухмалъулев Гъ. Гӏабдулаевас.\nШамил имамасул фондалъул президент Гӏ. Хархачаевас тадбиралде рачӏаразде хитӏаб гьабун абуна:\n«Имам Шамилица жиндирго ишаз, хӏаракаталъ, бахӏарчилъиялъ бихьизабуна дунялалдаго жив щив чи вугевали. Гьале 163 сон буго хӏалихьатал чагӏаз гьесул цӏаралде рагӏад рехизе хӏаракат бахъулелдаса. Гьез щиб гьабуниги, кигӏан гьез хӏаракат бахъаниги, гьезухъа бажаричӏо ва бажаризеги гьечӏо имамасул цӏаралде рагӏад рехизе.\nИмам Шамилил цӏар кидаго ракӏалде щвезабула захӏмалъи кканщиналъуб. Ракӏалде щвезабе Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда букӏараб, имам Шамилил цӏаралда рукӏана авиациялъулал эскадрилиял, танказул дивизиял. Гьесул цӏаразда ругел дивизиязда ва эскадрилиязда хъулухъ гьабулел вукӏарав ункъо чи Совет Союзалъул бахӏарзаллъун рахъана. Жакъа Украинаялда Россиялъ тӏобитӏулеб хасаб операциялда гӏахьаллъулел нилъерго гӏолохъабазда цӏехедал, гьез дида абуна загӏипал къварид гьарулел миллатчагӏиги бендеровцалги тӏагӏинаризе унелъул, Шамилил цӏаралда гъоркь унин жал. Шамилил цӏар кидаго бухьараб буго патриотизмалда, бахӏарчилъиялда.\nЧӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда ракӏалда батила Шамилица 200 сон тӏубай кигӏан берцинго кӏодо гьабун букӏарабали. Цо-цояз абулеб рагӏана имам Шамилил цӏар гӏасрабазго цӏунизе гьесие памятник лъолеб гьечӏин. Дагъистаналъул Пачалихъияб советалъ хӏукму гьабун букӏана, гьаб нилъ данделъараб бакӏалда лъураб гьитӏинабго статуялъул (хъарщи) бакӏалда чода рекӏарав имам Шамилил 30 метр борхалъиялъул памятник лъезе. Цо-цо гӏадамал данде чӏана гьеб ишалде. Гурони, гьеб памятник 25 соналъ цебе эхетун букӏинаан гьаниб. Дида ракӏалде ккола гьеб памятникалъухъ ралагьун нилъер лъималаз цӏехелаан гьев чи щивали ва эбел-инсуца бицинаан гьев тӏадегӏанав инсанасул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал, дица кидаго Шамилие памятник лъеялъул рахъ ккола. Памятникал лъун Шамилил цӏар даимаблъун гьабурал Турция ва цогидал улкаби бусурбабазул ракьал гурищ кколел? Нилъер республикаялдаги хӏукуматалъул бихьизабиялда рекъон, лъагӏалицаго тӏоритӏизе руго имам Шамил кӏодо гьавурал тадбирал».\n«Ниж гьитӏинаб мехалда, Гӏашилтӏа росулъ, щивасул рокъоб къадада бан букӏунаан Шамил имамасул сурат. Мацӏ лъаралдаса нахъе лъималаз эбел-инсуда цӏехолаан гьев щивилан. Гьедин имамасул хӏакъалъулъги бицунаго, гьесдаса мисалги босулаго гӏолаан лъималги. Нилъерго имамзабазул, гӏалимзабазул мисалалда тарбия щварал лъимал гӏураб мехалда гьезда гьоркьов вукӏине гьечӏо хӏиллачи, чӏвадарухъан. Щайгурелъул гьезие лъикӏаб тарбия щун бугелъул.\nДунялалъулго 11 улкаялда лъун руго имам Шамилие памятникал. 15 улкаялъул парламент гӏуцӏун буго Шамилил имаматалъул мисалалдалъун. Исана республикаялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, ниж хьвадулел руго риидалил лагеразде, лъималазда имам Шамилил хӏакъалъулъ бицине. Кинабниги 30 000 лъимадуе кьезе буго патриотикияб тарбиялъул дарс», — ан бицана А. Гӏабдуразакъовас.\n«Нилъер гӏолилазда, гӏисинал лъималазда имам Шамил щивилан цӏехани, гьезда лъалеб батула гьев кӏудияв рагъухъанги, бахӏарчиги, ритӏухъав цевехъанги вукӏин. Гьев рагъухъан вукӏиналъул бициналде кӏочон тезе бегьуларо имам Шамил, тӏоцебесеб иргаялда, кӏудияв гӏалимлъун, рухӏияв цевехъанлъун, мугӏалимлъун вукӏараблъи. Гьев вукӏана жиндирго халкъги динги цӏунарав рагъухъан. Гьадинал тадбираздаса пайдаги босун, рачӏа жакъа къоялдаса нахъе нилъерго лъималазда тӏадчӏун тарихги динги малъизе. Кинав чи вукӏарав имам Шамил, кинал гӏелмаби гьес лъазарулел рукӏарал, кинал тӏахьал гьес цӏалулел рукӏарал? Гьелдаса байбихьизе ккола лъималазе тарбия кьезе», — ян хитӏаб гьабуна муфтияталъул вакил Ислам Ханмухӏамадовас.\nЖамгӏияб палатаялъул вакил, «Узденал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Керимхан Гӏумахановас ракӏалде щвезаюна 15 соналъ къалмидалъун Шамилил къадру цӏуниялда тӏад хӏалтӏарай, гьесул хӏакъалъулъ роман хъварай Мариям Ибрагьимова. Гьеб асаралъул 150 комплект Дагъистаналъе сайгъат гьабурав Мариямил вас Руслан Ибрагьимовасеги баркала загьир гьабуна Гӏумахановас.\nШамил кӏодо гьавураб тадбиралда гьесде гьарурал кучӏдул рикӏкӏана Муслимат ДРООЖалда цебе бугеб «Аманат» лъай кьеялъул гьитӏичаз, гьединго цере рахъана мавлидал ва нашидал ахӏулеб «Унсоколо» къокъаялъул гӏахьалчагӏи, «Ватӏаналъухъ чӏалгӏен» абураб нашид ахӏана Хӏамзалав Хӏамзаловас.\nМ. Хӏамзаевас бицана: «Шамилица лъикӏаб лъалкӏ тана батӏибатӏиял халкъазул, улкабазул къисматалъулъ ва гьезул маданияталъул ва тарихалъул бутӏалъун лъугьана. Имам Шамилидаса нилъее ирсалъе хутӏарал къимат тӏокӏал асараллъун ккола гьесул кагътал. Ахирал соназда пишацоязги дицаги цадахъ ракӏарулел ва руссинарулел руго имам Шамилил ва гьесул лъималазул кагътал. Гьел кагътазул кӏиго тӏехь къватӏибе биччана нижеца. Жеги къватӏире риччалелги руго.\nИмамасул хӏурматалда тӏобитӏулеб щибаб тадбиралда нилъеца бицуна Дагъистаналда Шамилил музей рагьизе кколин абун. Дунялалдаго батӏи-батӏиял бакӏазда цӏунун руго гьесул тӏагӏел-къайи, тӏахьал, документал, кагътал. Жакъасеб тадбиралъул гӏуцӏарухъабаз Махӏачхъалаялда имам Шамилил музей гӏуцӏизе байбихьани лъикӏ букӏинаан».\nУнсоколо районалъул культураялъул нухмалъулев Гӏали Гӏабдулаевасги ракӏалде щвезаруна Ватӏанги динги цӏунизе къеркьарав имам Шамилги гьесул муридзабиги."}
{"slug": "18696-bakhiarzal-rakialde-shchvezaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18696-bakhiarzal-rakialde-shchvezaruna", "title": "Бахӏарзал ракӏалде щвезаруна", "date": "2022-07-04 06:59:37", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Шамил районалъул Мачӏада росдал ракьалда бугеб лъималазул сахлъи щула гьабиялъул лагералда тӏобитӏана Пашманлъиялъул ва ракӏалде щвезабиялъул тадбир. Гьелда гӏахьаллъана Дагъистаналъул бетӏерасул кумекчи Ахӏмад Гӏабдуразакъов, Пачалихъияб Думаялъул депутатасул кумекчи, «Белоруссия-Дагъистан» проекталъул нухмалъулев Керимхан Гӏумаханов, Афгъаналъул рагъул ветеран, гӏолилазул мустахӏикъав насихӏатчи Мухӏамадрасул Сулеманов, Шамил райо- налъул бетӏерасул заместитель Камил Мухӏамадов ва районалъул Культураялъул рукъалъул директор Гӏабдулгъапар Гӏабдулмухӏамадов.\nЛагералъул директор Гӏалихӏажи Расуловас къокъго ракӏалде щвезаруна Кӏудияб Ватӏанияб рагъ- да хварал солдатал ва халкъияб магӏишаталъе ккараб зарал.\nЛагералъул лъималазде хитӏаб гьабун, Ахӏмад Гӏабдуразакъовас абуна: «81 соналъ цере нилъер ватӏаналде тӏаде кӏанцӏана немцазул фашистал. Советияб улкаялъул кинабго халкъалъ хӏехьезе ккана гӏемераб гӏакъуба-гӏазаб, ракъи-къеч. Цо хъизан гӏадин, нилъер халкъ бахъана тушманасда данде. Советияб улка гуребги, Багӏараб Армиялъ фашистаздаса эркен гьабуна Европа, тӏолабго дунял. Ватӏан бокьулев чи вукӏине ккола лъай бугев, лъикӏаб тарбия щварав, сахав, гӏадамал рокьулев, спорт хирияв. Гьединал чагӏазда нахърилълъуна гӏадамал, гьез цӏунула ватӏан. Нуж, лъимал, гьединаллъун лъугьиналъе квербакъила нижеца – чӏахӏияб гӏелалъ. Нуж ккола нилъер ватӏаналъул букӏинесеб. Ясбер гӏадин нужеца гӏагараб Ватӏан цӏунизе букӏиналда ниж божула», — ян.\nГьеб кӏалъаялдаса хадуб, «нуж нижеда божизе бегьула» абураб магӏнаялда, Россиялъул ва Дагъистаналъул байрахъалги хьвагӏезарулаго, ясаз бихьизабуна «Россия – гьеб ккола къуват» абураб флешмоб.\nЛагералда бихьанщиналдаса разилъарав К. Гӏумахановас абуна: «Белоруссиялде гӏунтӏун, гӏемерал лагеразде щвана дун, амма хӏухьбахъиялъе, спорталъе, батӏибатӏиял кружоказул хӏалтӏуе, квен-тӏехалъе гьанир чӏезарун ругел шартӏал рихьидал, дун вохана. Баркала гьадигӏан берцинаб лагерь гьаниб баразе ва лагералда гьадинаб камилаб хӏалтӏи гӏуцӏаразе. Гьале гьалъие гӏоло рагъана ва тушманасда тӏад бергьенлъи босиялъе жидерго гӏумру кьуна доб рагъул бахӏарзаз. Гьеб киналъулго къимат гьабизе, Ватӏан цӏунулаго хвара- зул цӏарал рекӏелъ цӏунизе ва доб рагъул гӏахьалчагӏазул гьунаралъе ритӏухъаллъун рукӏине тӏадаб буго нужеда – доб кьварараб рагъул бахӏарзазул ирсилазда», — ян.\nК. Мухӏамадовас баркала кьуна, лъикӏаб даражаялда тадбир нухда бачаралъухъ, лагералъул лъималазе ва тарбиячагӏазе. Гьес абуна: «Нужер лъикӏаб цӏали, мисалияб хьвада-чӏвади ва спорталда росулел бергьенлъаби ккола нужеца дол бахӏарзазе кьолеб баркала. Гьаб лагералда нужее чӏезарун руго лъикӏал шартӏал, гьездаса пайдаги босун, пайдаяб хӏухьбахъи тӏобитӏизе тавпикъ кьеги киназего», — ян.\nРасул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб гьеб лагерь ккола спортивиябгун туристияб рахъаз хӏалтӏи гӏуцӏараблъун. Жакъа гьениб хӏухьбахъи гьабулеб буго батӏи-батӏиял шагьараздаса ва районаздаса 300 лъимералъ. Лагералда хӏалтӏулел руго хореографиялъул, суратал рахъиялъул, футболалъул, шашкабазулгун шахматазул, хӏатӏул гӏиси-бикъинал жал гьари (лепка), литературияб рагӏун цӏали гӏадинал кружокал.\nЛъималазда гӏагараб ракь лъазабиялъе тӏоритӏула сапарал ва экскурсиял. Гьедин, лагералъул лъимал щвана Гьентӏаб росулъ бугеб, Алхасовасулин абулеб, бечедаб тарихияб музеялде ва цоцада тӏатӏала бугеб кӏиго гьайбатаб чвахелоялде (гьезул борхалъи 15 ва 31 метр).\nГьениб гӏалим Хӏабибула Мухӏамадовас лъималазда малъула Къуръан цӏализе ва битӏун как базе.\nНури Нуриев"}
{"slug": "18769-sanktsiyaze-kvesheze-soyuzal-ulab-pachalikh-al-ulgun-garural-k-otii-k-ayazul-garzal-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18769-sanktsiyaze-kvesheze-soyuzal-ulab-pachalikh-al-ulgun-garural-k-otii-k-ayazul-garzal-i", "title": "Санкциязе квешезе… Союзалъулаб пачалихъалъулгун гьарурал къотӏи-къаязул гьарзалъи", "date": "2022-07-07 08:05:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Белоруссиялъул Гродно шагьаралда тӏобитӏана «Россиялъулги Белоруссиялъулги регионазул форум» абураб тадбир. Улкаялъул киналго регионалги данде гьарун, исана ичӏабилеб нухалда тӏобитӏараб гьеб форумалда гӏахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул вакилзабазги.\nДагъистаналъул делегациялда гьоркьор рукӏана: ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадов, дармилгун промыш- ленносталъул министр Низам Халилов ва цогидалги министерствабазул вакилзаби.\nДобе — гӏиял квасги рахьдал нигӏматги, анире — тракторалги цӏияб заводги\nДагъистаналъе пайдаял къотӏи-къаял гьаризе рес кканин форума- ялдаян абуна гьелъул гӏахьалчагӏаз. Мисалалъе, росдал магӏишаталъул бутӏаялда лъикӏаб цебетӏей ккезе бегьула форумалдаса хадуб. Нилъер гӏиял квасги гьединго рахьги Бело- руссиялде баччизе къотӏи-къаял гьа- руна ДРялъул хӏукуматалъул нух- малъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги Белоруссиялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакил Леонид Зайцевасги.\nСШАялъгун бакътӏерхьул улкабаз Россиялда санкциял лъазарураб за- маналда, Белоруссиялъулгун гьеди- нал къотӏи-къаял гьари жакъа чара гьечӏеб ишлъун лъугьанин бицана «Хӏакъикъаталъе» вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадовас.\n— Гьелъие гӏоло ахӏараб букӏанин абизе бегьула гьеб форумги. Жакъа дунялалъул гӏемерисел пачалихъ- ал Россиялъул политикаялде данде рукӏиндал, хӏажалъана нилъерго пи- круцояб пачалихъалъулгун гьоркьор- лъаби щула гьари, гьудуллъи-вацлъи рагӏизаби.\nХас гьабун Дагъистаналъул рахъалдаса гӏемерал къотӏи-къаял гьаруна гьенир. Тӏоцебесеб иргаялда, нижеца тасдикъ гьабуна 2022-2024 соназда цадахъ рекъон гьаризе ругел хӏалтӏабазе хӏадур гьабураб план гӏумруялде бахъинаби. Гьеб буго 20 соналъ цебего, ай 2002 соналдаго нилъер республикаялъги Белоруссиялъги хӏадур гьабун букӏараб план.\nРосдал магӏишаталъул, лъай кьеялъул, маданияталъул, туризмалъул, транспорталъулгун логистикаялъул бутӏаялда сверухъ, цадахъ рекъон хӏалтӏизе къотӏи-къаял хъвана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги Белоруссиялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Роман Головченкоцаги.\nГьеб гуребги, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги гӏахьаллъун, дицаги республикаялъул энергетикаялъул министр Ризван Мурадовасгун цадахъ къотӏи-къаял гьаруна Минскиялъул тракторал гьарулеб заводалъулгун. Махӏачхъалаялда гьезул тракторал къачӏалеб центр рагьизе буго кватӏичӏого. Амма бищун интересаб жо, цохӏо тракторалъул жагъалал жал къачӏан гуреб, гьезул цӏиял моделал, алатал ургъизеги рес кьолеб, сундулго рахъалъ гьарзаял шартӏазул центр букӏине буго гьениб.\nГьелда чӏечӏого, Махӏачхъалаялда рагьизе бугеб централда нилъецаги хӏадур гьаризе руго тракторал. Дида ккола Гъизляралъул КЭМЗалъ ялъуни цогидаб, ай машинаби гьарулеб заводалъ тӏаде босилин гьеб хӏалтӏиян.\nТранзиталъул нухдаса нилъее щолеб хайир\nЦоги кӏвар бугеб иш, гьеб фору- малда гьаруна транспорталъулабгун логистикияб бутӏаялдаги къотӏикъаял. Мухӏканго абуни, «СеверЮг» абураб транзиталъулаб нух- да сверухъ гьарурал къотӏи-къаял ккола гьел. Халкъазда гьоркьосеб транзиталъулаб нух букӏиналъ, нилъер республикаялъе цӏакъ пайда цӏикӏкӏараблъун ккола гьеб. Щай абуни, Махӏачхъалаялъул Дармил портги, республикаялъул маххул нухлул транспортги, гьединго автомо- билазул транспортги гӏахьаллъизе рес буго гьеб бутӏаялда. Мисалалъе, Белоруссиялъ къватӏибе баччулеб калиялъулаб удобрение ине буго дица тӏадехун рехсарал транспорталъул тайпабиги гъорлъ гӏахьаллъун. Жакъа гьезул удобрение Азербайжан къотӏун уна Сагӏудиязул Гӏарабиялде, Пакистаналде, Ираналде ва югалъулабгун бакъбаккул чанго пачалихъалде. Гьеб хайираб иш буго республикаялъе, — ян бицана Р. Гъазимухӏамадовас.\nГьелда чӏечӏого, гӏемерал пайдаял гьоркьорлъаби щула гьарулел къотӏи-къаял гьаруна Гродноялда тӏобитӏараб форумалдаян тӏаде жубана гьес хадубги. Махӏачхъалаялда цадахъал чанго предприятиял рагьизе, республикаялде гьезул къайи-цӏа, рахь, хӏан, нах баччизе ва цогидалги санагӏалъаби гьаризе руго гӏагараб заманалда.\nБелоруссиялда гьарурал рахьдал нигӏматал нилъер республикаялде цереги рачӏунаан, гьанже гьелъул къадар тӏадеги цӏикӏкӏине буго.\nГьенир гӏезарурал рахьдал нигӏматал гъираялда росула нилъер гӏадамаз. Хӏакъикъаталдаги татуяб тӏагӏам букӏуна гьезул. Амма со- циалиял сетазда цо-цояз жидерго щакдараби загьир гьаруна, нилъер республикаялда гӏезабураб квас Белоруссиялде баччизе букӏинелъун гьарурал къотӏи-къаязда хурхун. Мисалалъе, гьикъулеб буго кӏудияб къадаралда гьенибе битӏизе гӏураб квас республикаялда бугебдайилан. Батанигицин, цебе гӏадинаб багьа букӏинадай квасухъ. Мисалалъе, советияб заманалда гӏиял квасул къимат букӏараблъи нилъеда лъала. Гьанжейин абуни гьелъул багьа цӏакъ учузлъана.\n«Кӏиго бетӏерги хӏалтӏун, ункъо кверги квалквадун»\nБелоруссиялде баччизе бегьула нилъер гьаниб гӏезабураб ччугӏаги. Гьединаб баян кьуна Минскиялда букӏараб форумалда хурхун жиндирго пкиру загьир гьабулаго, ДРялъул ччугӏил магӏишаталъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Виктор Руденкоца.\n— Мисалалъе, ниж хӏадурал руго Белоруссиялде толстолобик, сазан, кефаль, килька гӏадал ччугӏбузул тайпаги, гьединго ччугӏил гьабураб батӏи-батӏияб нигӏматги битӏизе, — ян абуна гьес.\nГродноялда тӏобитӏараб форумал- да 65 миллиард гъурщил багьаяб 60 къотӏи-къай гьабуна Россиялъгун Белоруссиялъ. Гьеб форумалъул аслияб хӏасиллъун рикӏкӏине бегьула, къватӏисел улкабаздаса бачӏунеб къайи-цӏаялдаса инкарги гьабун, нилъецаго гӏезабуралдаса пайда босизе цӏиял нухалги санагӏалъабиги рати.\nБакътӏерхьул пачалихъаз гьоркьоса къотӏичӏого санкциязул гьужум гьабулеб мехалда, бищун лъикӏаб жо бугин гьабсагӏат нилъее (Белоруссиялъеги Россиялъеги) цоцалъ рекъон магӏишат гьабиян абуна, форумалъул хӏасил гьабулаго, РФялъул президент Владимир Путиницаги.\nЦӏадаса Хӏамзатица абухъего, «кӏиго бетӏерги хӏалтӏун, ункъо кверги квалквадун» гьабуни, магӏишаталда баракат лъечӏого хутӏуларо. Гьелъухъего, баракатаб батаги Россиялъги Белоруссиялъги цадахъ гъуждул гурун хӏалтӏизе гьабураб ният.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "18770-khiurmatal-ul-orden", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18770-khiurmatal-ul-orden", "title": "Хӏурматалъул Орден", "date": "2022-07-07 08:09:06", "categories": ["barkiyal"], "text": "«Бацӏцӏадаб ракӏ» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул учредитель, Гӏахьвахъ районалдаса бизнесмен ва меценат, Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул тӏоцевесев вице-президент Гӏумар Муртазагӏалиевасе Хӏурматалъул Орден кьуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьелда бан президентас гъулбасараб указалда шапакъаталъе гӏиллалъун рехсолеб буго, Токиоялда тӏоритӏарал риидалил олимпиадаялдеги Паралимпиялъул хӏаяздеги хӏадурлъулаго, Гӏ. Муртазагӏалиевас спортсменазе гьабураб квербакъи.\nГӏумар Муртазагӏалиевас гӏемер кумек гьабула социалиял объектал ралеб мехалдаги, къварилъи ккарал хъизамазеги, хӏежалде унел дагъистаниязеги.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ ракӏракӏалъ баркула Гӏумарида тӏадегӏанаб шапакъат."}
{"slug": "18771-dag-istanal-ul-konstitutsiyalda-khisa-basiyazul-khiak-al-ul-gurebgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18771-dag-istanal-ul-konstitutsiyalda-khisa-basiyazul-khiak-al-ul-gurebgi", "title": "Дагъистаналъул Конституциялда хиса-басиязул хӏакъалъулъ гуребги…", "date": "2022-07-07 08:13:50", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "30 июналда тӏобитӏараб Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул данделъиялде росарал суалазул цо-цоязул хӏакъалъулъ чанго къоялъ бицунеб букӏана гӏадамаз. Гьезда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхаралги. Гьезде ва «2030 соналде щвезегӏан ДРялъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ» абурал законазул проектазде пикру буссинабулеб букӏана жидерго кӏалъаязда депутатазги. Щайгурелъул гьел руго республикаялъе цӏакъ кӏвар бугел суалал. Батӏи-батӏиял жамгӏиял гӏуцӏабаз, жидерго дан- делъабазда гьоркьор лъун, гьезул хал гьабулебги букӏана.\nАбизе ккараб буго 1921 соналдаса хадуб Дагъистаналъул Аслияб законалда хиса-басиял гьаруна 1927, 1937, 1978, 1994, 2003 соназда. Гьел рукӏана политикияб, миллияб, социалияб ва экономикияб гӏумру цебетӏеялда хурхун гьарурал цӏилъабазда хурхарал.\nСессия рагьун хадув кӏалъазе вахъарав республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏадчӏей гьабуна республикаялда церечӏарал масъалаби тӏуралел ругеб куцалда ва ругел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бициналда. Гьес пикру буссинабурал суалазда гьоркьор рукӏана дагьал церегӏан къоязда Санкт-Петербургалда тӏобитӏараб Экономикияб форумалда Дагъистаналъул делегациялъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазул ва гьелдалъун республикаялде рачӏине ругел инвестициязул хӏакъалъулъ, араб соналъ республикаялъе фе- дералияб бюджеталдаса кьураб гӏарац тӏубанго харж гьабунгутӏиялда бан ва гьеб Москваялде нахъбуссинабизе ккеялъул, риидалил мучӏдузде гӏи гочиналъе хӏалтӏизабулеб ракьалдаса битӏун пайда босиялъул, Украинаялда Россиялъ гьа- булеб хасаб рагъулаб операциялъул, тӏадеялъул Расул Хӏамзатовасул юбилеялъулаб соналде хӏадурлъиялъул, республикаялъул хадусеб соналде хӏадурулеб бюджеталъул хӏакъалъулъ ва цогидалги суалал.\nС. Меликовас бадибчӏвай гьабуна республикаялъе федералияб бюджеталдаса кьураб гӏарац жиндир заманалда харж гьабиялъулъ тасамахӏлъи биччарал министразе ва гьеб иш тӏаде кколеб комитеталъе. Гьениб биччараб гӏунгутӏиялъе гӏоло республикаялъул закупкаби гьарулеб идараялъул нухмалъулев хӏалтӏудаса эркен гьавунинги баян гьабуна республикаялъул бетӏерас.\nКӏвар буссинабуна «рагӏдукь» бахчараб экономика тӏагӏинабиялда тӏадчӏей гьабизе ккеялда, Дагъистаналда туризм цебетӏеялъе шартӏал чӏезарун гьечӏолъиялда, ралел бакӏал лъагӏалабаз халат рахъинарулел рукӏиналъул суалаздаги. Палхӏасил, республикаялъул бетӏерас рихьизаруна чӏванкъотӏарал тадбирал ва хӏукуматалда церечӏарал масъалаби. Туризм цебетӏеялъе исана республикаялъул бюджеталда бихьизабун буго кӏиго млрд гъурущ.\nРиидалил мучӏдузде гӏи гочинабиялъул ракьазул къадар бахуна цогун башдаб миллион гектаралде. Жакъа гьел ракьазда гӏун бачӏун буго 200 росу, 77 школа, 16 лъималазул ясли-ах. Амма гьезул букӏине кколеб хӏисаб, статус, хъвай-хъвагӏай гьечӏо. Гьениб гӏумру гьабулеб буго 28 азарго чияс. Гьениса босулеб пайдаги соналдаса соналде цӏакъго дагьаб буго. «Гьеб рахъалъ гӏадлу гьабизе ва ракьалдаса пайда боси цӏикӏкӏинабизе ккун буго, гьелъие гӏоло гьарулел тадбиразе кьучӏги лъун буго», — ян лъазабуна бетӏерас. Амма гьенибго бадибчӏвай гьабуна гьеб рахъалъ гӏуцӏараб Халкъияб Собраниялъул хасаб комиссиялъ гьабулеб хӏалтӏи дагьаб бугилан.\nТӏадехун рехсохъе, депутатаз ва гӏадамаз кӏвар буссинабулеблъун буго республикаялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиязда гьоркьоб бугеб Дагъистаналъул ракьазул цолъи цӏуниялда жаниб республикаялъул бетӏерасул кӏваралда хурхараб суал. Нилъер республикаялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиял, тӏадежураял руго Россиялъул Конституциялде данде ккезабиялъул мурадалда гьарулел жал. Россиялъул цогидал субъектазул ва гьезда гьоркьоб Дагъистаналъул ракьазулаб цолъи цӏуни, гьеб буго Россиялъул Конституциялда рекъон, Федералияб власталда тӏадаб иш. Гьениб республикаялъул бетӏерасул цӏар рехсеялда ялъуни рехсонгутӏиялда бараб жо дагьаб бугинги ккола. Мисалалъе, 1921 соналда Дагъистаналъул бетӏерлъун вукӏарав Жалалудин Къоркъмасовас, жинца нухмалъи гьабураб 10 соналда жаниб, Дагъистаналъул ракь кӏиго нухалда гӏатӏид гьабуна, хӏукуматалъул бетӏерасул гьеб жавабчилъи кибго хъван яги бихьизабун гьечӏониги. Ракӏалде ккола, гьеб борч кибниги хъвачӏониги, республикаялъул нухмалъулесул рекӏелъ, бидулъ букӏине кколеб жо бугин абун.\nРеспубликаялъул бетӏерас хӏакъикъиял мисалаздалъун бицана Украинаялда Россиялъ гьабулеб хасаб рагъулаб операциялда дагъистанияз бихьизабулеб бугеб бахӏарчилъиялъул ва гьелда бан пачалихъиял ва жамгӏиял гӏуцӏабаз гӏумруялде рахъинаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъ Украинаялда ругел гӏадамазе кумек гьабун, битӏана квана-гьекъолел жалазул 2200 тонна.\nЖакъа республикаялъул бетӏерас ва хӏукуматалъ рихьулел тадбирал гьарулел руго Конституциялъ кьурал инсанасул ихтиярал цӏуниялда, хӏалтӏи чӏезабиялда, хӏухьбахъиялда рухьарал тадбирал рагӏа-ракьанде щун гӏумруялде рахъинариялъул мурадалда. Кӏвар буссинабулеб буго экономикаялъе кьучӏлъун кколеб налогал ракӏариялде, тӏадкъараб хӏалтӏи тӏубаялъул рахъалъ хӏакимзабаздаса тӏалаб гьабизе ккеялде ва бугеб ахӏвал-хӏал кьучӏдасанго хисизабиялде.\nЗ. ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "18776-giarza-nakh-chivaleb-bugoni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18776-giarza-nakh-chivaleb-bugoni", "title": "Гӏарза нахъчӏвалеб бугони…", "date": "2022-07-07 08:49:35", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Май моцӏалдаса нахъе ресукъ- ал хъизамазе кумекалъе цӏиял пособиял кьезе байбихьана. Микьго сон баралдаса 17 сон тӏубазегӏан лъималазе пособие кьола Пенсиязул фондалъ. Пособиялъе гӏарзал къабул гьаризе байбихьарал тӏоцересел къояздаго Дагъистаналъул Пенсиязул фондалде бачӏун букӏана 72000 гӏарза. Гьезда гьоркьоса цо-цоязе инкарги гьабуна. Цо-цояз абулеб буго, халцин гьабичӏого, кӏиабилеблъабабилеб къоялъ, инкар гьабураб кагъат бачӏунеб бугин абун.\n— Дица битӏараб гӏарзаялъе лъабабилеб къоялдаго жаваб бачӏана: «Нужер хъизамале харж яги кинаб букӏаниги ишалдаса хайир бачӏунеб гьечӏо», — ян абун, хӏатта хъизамалъул вакилзаби официалияб къагӏидаялъ хӏалтӏулел ругониги. Нижер хъизамалда буго лъабго лъимер, бищун кӏудияй яс студентка ккола.\nРос хӏалтӏулев гьечӏо. Гӏемерал лъималазул хъизам хӏисабалда, эбел-инсул цоял хӏалтӏулел гьечӏониги кьезе кколаан пособие. Щаялиго инкар гьабуна. Кӏиабилеб нухалдаги хъвана гӏарза ва кӏиабилеб къоялъго инкар гьабураб кагъат бачӏана. Лъабабилеб нухалдаги гьебго жо ккана. Халго гьабичӏогодай гьез инкар гьабулеб бугеб? — абун хъвалеб буго Махӏачхъалаялдаса Барият Муртазагӏалиевалъ.\n— 8-16 сон барал лъималазе пособие щвеялъе дица гӏарза хъван букӏана май моцӏалдаго. Кӏиго анкьидасан инкар гьабун бачӏана нужер хъизамалъул вакилзабазе харж яги хайир бачӏунеб гьечӏинги абун. Дун, официалияб къагӏидаялъ, харж бачӏунеб хӏалтӏуда йиго, нижер лъабго лъимерги буго. Лъимадул инсуе харж бачӏунеб гьечӏониги, гӏемерал лъимал рукӏин гӏиллалъунги босун, къабул гьабизе кколаан гӏарза. Гьелдаса хадуб цоги нухалъги кьуна гӏарза ва гьеб ну- халдаги инкар гьабуна. Инкар гьабиялъе гӏиллалъун бихьизабун буго нижер гӏарза цебеккунго къабул гьабун букӏанин абураб. Гьелъул магӏнаги бичӏчӏичӏого, дун ана Пенсиязул фондалъул Гъизилюрталда бугеб отделениялде. Гьезги абуна дир гӏарза къабул гьабун бугин абун. Анкьидасан апрель ва май моцӏазул гӏарацги бачӏана, — ян бицана Гъизилюрт шагьаралдаса Патӏимат Мухӏамадовалъ.\n8-16 сон барал лъималазе пособиялъе Госуслуги порталалдасан инкар гьабун бачӏараз, цӏидасанги хъвалеб буго гӏарза. Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъ СМИяздаса хитӏаб гьабулеб буго инкар бачӏанщинахъе гьоркьоса къотӏичӏого цӏиял гӏарзал ритӏугеян.\n«Цӏидаса ритӏулел гӏарзаз кколелдаса цӏикӏкӏун хӏалтӏи тӏаде кколеб буго системаялде, гьелъ гъалатӏалги ккезарулел руго ва хӏалтӏиги халат бахъинабулеб буго. Нагагь нужер гӏарза мекъи нахъчӏван батани, Пенсиязул фондалъул электронияб почалде хитӏаб гьабизе бегьула. Фондалъ нужер хитӏабалъул хал гьабула ва инкар щай гьабун бугебали гӏилла цӏехола. Цинги, къокъабго заманалда жаниб нужее жавабги кьола. 8-16 сон баразе щолел пособиязул рахъалъ суалал хехго тӏуразе бокьараз хъвазе бегьула prdoog@mail.ru электронияб почалде.\nХитӏаб битӏулелъул нужерго телефоналъул номерги цӏарги битӏун хъвазе ккола ва бихьизабе сундаса рази гьечӏелали», — ян хъвалеб буго ДРялда бугеб Пенсиязул фондалъул отделениялъ.\nГӏемерисеб мехалда пособиял кьезе инкар гьабула гӏарза цӏолаго риччарал гъалатӏал сабаблъун.\nГьединлъидал пособиял кьеян гӏарза хъвалелъул дандчӏвалел ричӏчӏуларел цо-цо суалазе баян кьуна экономист Луиза Мурадбеговалъ.\n— Гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъул цоязе (эбелалъе, инсуе, яги 18-23 сон базегӏан вузазда цӏалулел лъималазе) пособие кьезе инкар гьабулищ?\n— Пособие щвеялъе кьурал гӏарзазул хал гьабулелъул, киналго документал хӏисабалде росула. Хъизамалда гӏемерал лъимал (лъабго ва цӏикӏкӏун) ругин абун гӏарзаялда хъвараб гӏоларо. Гьеб хъизамалъул букӏине ккола гӏемерал лъимал ругин абураб статус бихьизабураб документги. Пенсиязул фондалъ гьеб документ тӏалаб гьабула соцзащитаялдаса. Нагагь документ цебеккунго гьабун букӏун батичӏони, пособие щвеялъе хъвараб гӏарза нахъчӏвазе бегьула.\nГьеб хъизамалда очно цӏалулел 23 сон бачӏел ва ригьин гьабичӏел лъимал ратани, гьезулги официалияб доход яги кӏвар бугеб гӏилла букӏине ккола. Гьезие стипендия бачӏунеб бугони, гьебги рикӏкӏуна хъизамалъе щолеб хайирлъун. Стипендия щолеб батичӏониги, пособие щвеялъе щибгӏаги квалквал кколаро.\n— Хӏалтӏудаса нахъе къотӏарав чиясе цӏияб хӏалтӏи щолеб гьечӏони, гьесул 8-16 сон барал лъималазе пособие кьолищ?\n— Хъизамалъул цоял, ай эбел яги эмен 2022 соналъул тӏоцебесеб марталдаса нахъе хӏалтӏудаса рехун ратани ва гьебго заманалда хӏалтӏи гьечӏевлъун ЦЗНялда хъвай-хъвагӏайги гьабун батани, гьезул лъималазе пособие кьола. Гьезие цебеккун бачӏунеб букӏараб харж яги хайир рикӏкӏунаро. Амма гьезул лъималазе пособие анлъго моцӏалъ гурони кьоларо. Анлъго моцӏил болжалалда жаниб гурони гьев хӏалтӏудалъун хьезариялъул централъ къабул гьавуларелъул. Хӏалтӏудаса махӏрумлъарав чи цӏияб хӏалтӏи щвезегӏан, пачалихъалъ анлъго моцӏалъ хьихьула.\n— Пособие щолеб лъимадул эбелалъеги инсуеги кӏиязего цадахъ харж бачӏунеб гьечӏони, гьел кӏиязго кӏвар бугеб гӏиллаялдаса пайда босизе бегьулищ?\n— Масала, гьелъул эбел лъимаде йигони (12 анкьидаса цӏикӏкӏун), 80 ва тӏаде сонал рарай кӏодое яги цогидал харабазе инсуца хъулухъ гьабулеб бугин абун хъвай-хъвагӏай гьабун батани, пособие щола. Кӏиязулго гӏиллаби кӏвар бугеллъун рикӏкӏуна.\n— Кӏвар бугел гӏиллабиги гьечӏони, лъагӏалида жаниб чан моцӏалъ официалияб хӏалтӏуда рукӏине кколел пособие щвезе ккани?\n— Гӏарза хъвалесул доходазул хал гьабулелъул хӏисабалде босула — гӏарза хъвалелде ункъо моцӏалъ цебеккун букӏараб лъагӏалил харж. Хӏисаб гьабулеб соналда цохӏо моцӏалъгӏаги официалияб къагӏидаялъ хӏалтӏулевги вукӏун, хадув хӏалтӏудаса рехарав чиясеги пособие кьезе инкар гьабуларо. Гьеб лъагӏалида жаниб харж яги хайир щунгутӏиялъе гӏиллабиги къваригӏунаро.\n— Лъимаде йигей эбелалъул харж яги хайир гьечӏолъи кӏвар бугеб гӏиллалъун кидаялдаса нахъе рикӏкӏунеб?\n— Лъимаде йикӏараб щибаб моцӏ рикӏкӏуна кӏвар бугеб гӏиллалъун. Амма хӏисаб гьабулеб лъагӏалида жаниб анцӏабго моцӏалда рукӏине ккола пособие щвеялъе кӏвар бугел гӏиллаби. Масала, пайда босизе бегьула чанго батӏияб кӏвар бугеб гӏиллаялдаса. Кӏвар бугеб гӏиллалъун ккола хӏалтӏи гьечӏеллъун ЦЗНалда хъвай-хъвагӏай гьабун букӏин, 80 ва цӏикӏкӏун сон баразда хадуб хъулухъ гьаби, лъабго ва цӏикӏкӏун моцӏаз халат бахъараб унти ва гь. ц.\nЛъимаде йигеб анлъго яги цӏикӏкӏун моцӏ, хӏисаб гьабулеб соналде данде кколеб бугониги, гьелъул 8-16 сон бараб лъимадуе пособие кьезе инкар гьабуларо.\n— Хъизамалъе щолеб хайир гӏицӏго алиментал ва пособиял гурел гьечӏони, 8-16 сон баразе пособие щвезе ккани, цоги кӏвар бугел гӏиллаби къваригӏунищ?\n— Къваригӏуна. Алименталги пособиялги доходаллъун рикӏкӏунаро, амма хӏисаб гьабулеб соналда бачӏараб гьеб гӏарац рикӏкӏуна.\n— Гӏарза хъвалелъул хӏакъикъиял гурел баянал рихьизаруни, щиб букӏунеб?\n— Хал гьабулелъул гьересиял баянал ратани – инкар гьабула. Масала, хъизамалъего бачӏунеб гӏаммаб хайир гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралдаса дагьабго цӏикӏкӏунебги букӏун, цоязулгӏаги доход бахчизеян лъугьани, гьеб- ги хал гьабулезда тӏатуна. Мисалалъе, гӏарзаялда росасул цӏарги бихьизабичӏого гьев гьечӏев гӏадин гьересиял баянал хъвалел ругони, ПФРалда гьеб лъазабизе кӏола ЗАГСалдаса. 80 ва тӏаде сон барав пенсионерасда хадуб хъулухъ гьабулеб букӏанин абун гӏарзаялда бихьизабуни, гьебги лъазабизе кӏола СНИЛСалда рекъон.\nНагагь гьересиял баяналгун гӏарза къабул гьабуни ва пособие щвани, гьеб хӏилла гьабун букӏин тӏатиндал тӏад буссинабизеги тӏамула.\n— Лъимадул эбел-эмен ратӏалъун ругони ва эбелалъ битӏараб гӏарза къабул гьабичӏони, цӏидасан инсуца хъвазе бегьулищ пособие щвеялъе гӏарза?\n— Бегьула. Масала, эбелалъул официалияб доход щолеб бакӏ батичӏони, гьелъие инкар гьабула. Гьебго заманалда инсуе харж щолеб букӏун батани, гьесул цӏаралда гӏарзаги кьун бачӏине рес буго пособие.\n— Пособиялъе инкар гьабуни, гьелъие гӏилла бихьизабун букӏине кколищ?\n— Инкар гьабун бачӏараб кагътида гӏилла бихьизабун батичӏони, щай гьабичӏебилан гӏарзацин хъвазе ккола. Палхӏасил, гӏилла бихьизабун букӏине ккола.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "18778-tsiadul-balagaldasa-tsiunun-khutiagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18778-tsiadul-balagaldasa-tsiunun-khutiagi", "title": "Цӏадул балагьалдаса цӏунун хутӏаги", "date": "2022-07-07 09:14:03", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "5 июлалда, цӏаги ккун, бухӏана Шамил районалъул Гъогъолъ росдал мажгитги аскӏобго цун букӏараб мадрасаги. Цӏаялъ зарал гьабуна гьениб гӏагарда букӏараб мина-рукъалъеги. Талихӏалъ, гӏадан-чиясе зарал ккечӏо.\nАмма эхетерал къадал хутӏизегӏан рас течӏого бухӏана мажгитги мадрасаги. Тӏарикъаталъул устар, Гӏуриса Хӏусенил Мухӏамад-афанди (къ.с) Гъогъолъ гӏумру гьабун вугеб заманалда гьес чанги жаниб какги бараб росдал некӏсияб мажгит букӏана гьеб. 20-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе, росдал жамагӏатчи, мунагьал чураяв Гӏабдулкъадирил Ахӏмадил хӏаракаталдалъун цӏигьабун къачӏанги букӏана. Гьесулго хӏаракаталдалъун бан букӏана чанго соналъ цебе мадрасаги. Шамил районалъул Гӏасаб росулъ бугеб исламияб институталъул филиал кколаан гьеб.\nТохлъукьего рекӏараб цӏа свинабизе Гъогъолъ росдал жамгӏаталъе кумекалъе сверухъ ругел росабалъа гӏемерал чагӏиги рачӏана. Гьезие киназего, газета гьоркьоб ккун, жидер жамагӏаталъул рахъалдаса баркала загьир гьабеян кӏалъан вачӏана редакциялде Гъогъолъа Дибиров Гӏабдурахӏим.\n— Мадугьалихъ ругел Гьонодаса, Гьолокьа, Тӏелекьа рачӏана цӏакъ гӏемерал чагӏи. Нижерго районалъул киналго росабалъаги гьаниве вачӏинчӏев чиго хутӏун ватиларо. Гьединго нижее хӏалае тӏаде щвана Хунзахъ ва Лъаратӏа районазул цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби. Цӏакъ кӏудияб хӏаракат бахъана гьез ва кумекалъе ахӏуд рахъун рачӏараз.\nГьезие киназего баркала кьезе бокьун буго. Нижер гьанибе чӏараб хӏетӏеги, кумекалъе бе- гьараб кверги ахираталъул рокъоб бищун хӏажатаб бакӏалда хӏалае батизе кирилъун хъваги. Нижгӏанги Аллагьги аварагги разилъаги гьездаса. Жакъа нижер росулъе ракӏалдаго гьечӏого гӏадин бачӏараб нагагьаб балагьалдаса цӏунун хутӏаги нилъ киналго, — ян гьара-рахьи гьабулеб буго гъагъадерил жамагӏаталъ.\nА. ЮСУПОВ"}
{"slug": "18779-krizisal-ul-kiichiika-rorchiiyal-e-nukhal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18779-krizisal-ul-kiichiika-rorchiiyal-e-nukhal", "title": "Кризисалъул кӏичӏикьа рорчӏиялъе нухал", "date": "2022-07-07 09:19:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Москваялдасаги СКФОялдасаги эксперталги ахӏун, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана экономикияб форум.\nГьез гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул чагӏаздаги, банказул ва цогидал гӏуцӏабазул хӏалтӏухъабаздаги малъулеб букӏана кризисалъулгун санкциязул кӏичӏикьа рорчӏиялъе кинал нухал ругелали. Гьанже долларалъул багьаги гӏодобе ккун, къватӏисел пачалихъазде бичулеб къайиги мукъсанлъун буго.\n«АскорАгроТрейд» компаниялъул нухмалъулесул заместитель Шамил Сайпулаевас форумалда бицана ахираб заманалда хираго чӏолеб бугин гӏорхъи тун къватӏибе къайи битӏиги, Турциялдегун Китаялде битӏулеб продукциялъе сертификация щвейги. Масала, цо нигӏматалъе сертификация щвезе ккани, цо-цо хӏакимзабаз хадуб бехъерхъизабун хӏалтӏигун, бащдаб лъагӏалицаниги балагьун чӏезе кколел ругин гьел. Гьеб заводалда абуни къватӏибе биччалеб буго нусгогӏан батӏияб къайи.\nГьел хӏужабазда бан чӏванкъотӏараб жаваб кьечӏо экспертаз.\nФорум лъугӏун хадуб жидерго заводалъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталъе гьадин бицана Ш. Сайпулаевас: «Нижер заводалда буго 300-ялдаса цӏикӏкӏун чиясе хӏалтӏизе бакӏ. Гьез хӏадурараб продукция битӏула 40-ниги улкаялде. Гьел ккола батӏи-батӏиял хӏайваназе кьолел витаминал, хасаб цӏам, премиксал ва цогидаб. Гьелда цадахъго нижеца Буйнакскиялда чӏана жуламалъул гъутӏби (Россиялдаго бищунго кӏудияб ах лъугьуна гьелъул). Экспорталъе квербакъизелъун гӏуцӏараб ДРялъул комитеталъул рахъалдаса щола нижее кумек. Амма банказулги цогидал гӏуцӏабазулги рахъалдаса нижеда кверчӏавалеб букӏин жеги бихьулеб гьечӏо. Руго нижехъа ришватал къваригӏарал чагӏиги. Амма кигӏан квалквалал гьаризеян цо-цо чагӏи лъугьаниги, нижеца хӏаракат бахъула нижерго хӏалтӏи цебе бачине».\nГьеб форумалда бицен ккана туризм цебетӏезабиялъе ругел ресазда тӏасанги. Нилъер республикаялдаги байбихьун буго гӏадамаз жидерго минаби туристазухъе кьезе. Амма гӏемерисел бакӏазда гӏунгутӏаби загьирлъулел руго лъелги, нухазулги, канализациялъулги, цогидалъулги рахъалъ.\nГьединал мурадазе пачалихъалъ субсидиял кьунгутӏиялъул суал борхана гьениб лъабго батӏияб гӏуцӏиялъе бухгалтерлъи гьабулей Гъуниса Аминат Султановалъ.\n«Туристал рещтӏунел рукъзал руго магӏарухъ. Амма гьенире гьечӏо санагӏатал нухал, лъим, токги нижецаго кваралги цӏан бачуна. Гьеб рахъалъ нужеца щиб кумек нижее гьабизе бугеб?» — ин суал лъуна Аминатица.\nЭкспертазул цоялъ жаваб кьуна гьединал гӏунгутӏаби Дагъистаналда гурелги, цогидал субъектаздаги ругилан. Нилъеда жеги лъалеб гьечӏила бизнес гьабизеги, юридикиял рахъалъ рекъезаризеги, нилъерго ихтиярал цӏунизеги. Лъимги квегӏенал нухалги гьечӏинги абун, парахаталда чӏолел ругила гӏемерисел, тӏадал идарабаздаса гьелги тӏалаб гьаричӏого.\nХадубго Аминатица абуна: «Гъуниб районалда ункъо бакӏ буго туристазда гьоркьоб машгьураб – Сулдерил чвахи (хӏинкъигьечӏолъи чӏезабиялъул мурадалда цо-цо бакӏал къачӏан рахъинегӏан гьенибе нух къана дагьалъ цебегӏан), Къородисезул Бецӏкъварилъи (чвахунцӏадал рани, жаниб цӏола гьеб; гьенирги гьечӏо цӏунакъаялъул къагӏидаби; туристазул транспорт чӏезе бакӏги). Гьединго Чӏохъ ва Гъамсукь ккола туристал гӏемер хьвадулел бакӏал. Гьенибги гьечӏо букӏине кколеб сервис.\nНилъер гьанир гӏемер руго гьунарги бажариги бугел гӏадамал, амма лъай хӏажат буго гьезие. Гьединлъидал нижее къваригӏун буго туризмалъул рахъалъ бечедаб хӏалбихьи бугел чӏахӏиял регионазул кумек».\nРитӏарал суалал цере лъолел ругин Аминатицаян абуна гьениб Экономикаялъулгун территориязул цебетӏеялъул рахъалъ министерствоялъул вакил Мадина Каибовалъ. Гьединго гьелъ баян гьабуна инфраструктура цебетӏезабизе рес бугила дагьалъ цебе нилъер республикаялъе щвараб бюджеталъулгун инфраструктураялъул кредиталъул кумекалдалъун (10 млрд гъурущ). Амма гьеб гӏарац щвезе бокьун батани, муниципалитетазги битӏун цӏезаризе ва заманалда хӏадуризеги кколила документал.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "18780-l-abavgo-imamasul-aslu-chorkhol-bessarav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18780-l-abavgo-imamasul-aslu-chorkhol-bessarav", "title": "Лъабавго имамасул аслу чорхолъ бессарав", "date": "2022-07-07 09:24:49", "categories": ["insan"], "text": "Шамил районалъул Хӏебда росдал Культураялъул кӏалгӏаялъуб тӏобитӏана жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, самбоялъул ва эркенаб гугариялъул рахъаз СССРалъул чемпион, ДГУялъул профессор Суракъат Асиятилов гьавуралдаса 90 сон тӏубаялъул тадбир.\nГьелда гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель З. Аскендеров, гьесул заместитель С.-А. Ахӏмадов, депутатал М. Мухӏамадов, М. Патхӏулаев, М. Пайзулаев, К. Давдиев, тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министр И. Ибрагьимов, спорталъ- ул министрасул заместитель Хӏ. Хӏайдарбегов, Олимпиялъул хӏаязул призер М. Гӏарацилов, туризмалъул ва халкъиял художествиял махщелазул министрасул заместитель Гӏ. Мухӏамадов, автовокзалалъул генералияв директор С. Сагӏидов, профессор Хӏ. Хӏасанов, ДГУялъул Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялъул заведующий Гӏ. Гӏумаров, Буйнакск шагьаралъул бетӏер И. Нургьудаев, Махӏачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул бетӏер М. Алхасов, Унсоколо районалъул бетӏер Гӏ. Нурмухӏамадов, Хьаргаби районалъул бетӏер М. Тӏагьиров, муфтиясул тӏоцевесев заместитель М. Сагӏадуев, халкъиял шагӏирзаби М. Ахӏмадов, М. Хӏамзаев, Суракъатил вац, профессор Гӏ. Асиятилов, ФОМСалъул председателасул заместитель М. Ахӏмадов, Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏ. Ибрагьимов, Рохьил магӏишаталъул комитеталъул председатель В. Гӏабдулхӏамидов, Танкаевасул цӏаралда бугеб фондалъул председатель Хӏ. Гӏабдулжалилов, тарихчагӏи, гӏалимзаби, Суракъатил гьудул-гьалмагъзаби, ракьцоял, гӏагарал чагӏи.\nТадбир рагьулаго районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна:\n— Жакъа нилъ данделъун руго Суракъат ракӏалде щвезавиялъул тадбиралде, гьес гьарурал лъикӏал ишазул бицине. Киназдаго Суракъат лъалаан гӏалимчи-тарихчи, хӏалбихьи бугев педагог, цӏар рагӏарав гугарухъан, политикияв ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда. Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукӏарав Суракъатихъе, батӏи-батӏияб кумек гьарун, рачӏунаан киналго милла- талъул гӏадамал, гьезда лъалаан гьев киназего кумек гьабизе хӏадурав вукӏунеблъи. «Гидатль — талисман мой, совесть моя» абураб жиндирго тӏехьалда гьес хъвалеб буго: «Россия ккола Евроазиалъулаб улка ва гьелъул букӏине ккола жиндирго хасаб нух. Нилъер буго гӏумруялде батӏияб бербалагьи ва батӏияб куцалда сверухъ бугеб дунял бичӏчӏи, гӏумру гӏуцӏулеб къагӏида, батӏияб яхӏ-намус ва психология».\nСуракъатил хӏакъалъулъ бихьизабураб видеофильмалъ киназего кӏудияб асарги гьабуна.\nСуракъатил хӏакъалъулъ бицун кӏалъараз бицана гьесул гӏаданлъиялъул ва яхӏ-намусалъул хӏакъалъулъ.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеров:\n— Дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна гьаб фильмалъ. Чара гьечӏого гьеб бихьизабизе ккола миллияб телевидениялдасан. Гьайгьай, гьеб букӏина жакъасел ва хадусел наслабазе лъикӏаб мисаллъун. Дун тамашалъизавуна Суракъатил ишазул кӏодолъиялъ. Гьес тӏолабго гӏумру къурбан гьабуна халкъалъе хъулухъ гьабиялъе. Гьес гъваридаб лъалкӏ тана Дагъистаналъул тарихалда. Суракъат щуго нухалда вищана пачалихъалъул законал рахъулеб идараялде, 16 соналъ нухмалъи гьабуна Халкъияб Собраниялъул комитеталъе. Гьесул нухмалъиялда гъоркь къабул гьаруна «Закон о свободе совести и вероисповедания и религиозных организаций» ва «Закон о запрете вахабитской деятельности…» гӏадал законал. Гьесул бажариялдалъун Дагъистаналъул байрахъалда тӏад гьабуна гӏурччинаб мухъ, квербакъана школал, больницаби рагьиялъе, росабалъе лъим ва газ бачиналъе.\nСпорталъул ва физкультураялъул министрасул заместитель Хӏайдарбег Хӏайдарбегов:\n— Суракъат ккола Дагъистаналда тӏоцеве СССРалъул чемпионлъун вахъарав чи. Гьесул хӏурматалда нижер министерствоялъ тӏоритӏула турнирал ва чемпионатал. Дун вохаравги чӏухӏаравги вуго гьев лъалев вукӏиналдаса. Ниж-спортсменал чӏухӏула Суракъатидаса.\nДГУялъул «Дагъистаналъул тарих» кафедраялъул заведующий, профессор Гӏабдулкъадир Гӏумаров:\n— Суракъат вукӏана нижер кафедраялъул цевехъан ва ниж битӏараб нухде ккезавулев гӏакъил. Гье- сул гӏелмиял цӏех-рехал рукӏана магӏарул халкъалъул культураялъул ва рукӏа-рахъиналъул хаслъабазул ва тӏокӏлъабазул бицунел.\nЖакъа школазда цӏакъ хашго гурони лъазабулебго гьечӏо Дагъистаналъул тарих. Суракъат чӏаго вукӏаравани, гьес квербакъилаан гьеб гъалатӏ битӏизабиялъе. Суракъат живго ккола Дагъистаналъул спорталъул, лъай кьеялъул, гӏелмуялъул ва тарихалъул кӏудияб бутӏа.\nХъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов:\n— Суракъат вукӏана магӏаруллъиги, Дагъистанги, нилъер мугӏрулги, гӏоралги, нилъер кӏодолъиги, борхалъиги жанибе бачарав инсан. Гьев вукӏана яхӏ-намусалъул асир. Гьесие къимат кьолаго, Расул Хӏамзатовас абуна: «Суракъат — это особая статья конституции горцев в Дагестане», — ян. Суракъатил гӏакъилал ва гӏужилал рагӏаби кицабазде ва абиязде руссунаан. Суракъат камуна магӏарулазе, Дагъистаналъе, Россиялъе, гьечӏо гьев хисизе, гьесул борхалъиялде вахине бажарулев чи.\nХалкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев:\n— Цо кинабалиго разилъигун, Суракъатица абулаан: «Я уполномоченный посол горцев в Махачкале», — ян\n1990 соналда Суракъат вукӏана исламияб партиялъул нухмалъулевлъун, дун – «Ас-салам» газеталъул редактор. Цо нухалъ нижеца къотӏи гьабуна цо суал тӏубазе цадахъ издательствоялде ине. Махӏачхъалаялъул майданалда данделъарал нижеда аскӏое ячӏана цо гӏадан. Гӏайиб гьечӏого туснахъ гьавурав жиндир вас къватӏиве виччазавизе кумек гьабеян гьарана гьелъ Суракъатида. Гьес дида абуна метер рилълъинила издательствоялде, жакъа жинца гьай гӏаданалъул мурад тӏубазе кколин. Нахъисеб къоялъ дица гьесда гьикъана дой гӏадан киса-щий, долъул мурад тӏубарабищилан. «Цо кӏудияб гӏайибго гьечӏого жанив тӏамун ватана долъул вас, къватӏие виччазавуна. Дун цӏехон, кумек гьарун ячӏарай гӏаданалда киса-щиян гьикъизе рекъараб букӏунаро», — ян абуна гьес. Жакъа рукӏунищ гьединал чагӏи?! Гьедин, лъалелги лъаларелги чагӏазе кумекалъе вахъун чӏарав чи вукӏана мунагьал чурад.\nМуфтиясул тӏоцевесев заместитель Мухӏамадрасул Сагӏадуев:\n— Хӏакъикъияв бусурбанчи ва Дагъистаналъул исламияб партиялъул нухмалъулев хӏисабалда, Суракъат-хӏажил битӏахъегояб кверчӏваялдалъун республикаялда рагьана тӏоцересел мадрасаби, кьуна мажгитал раялъе ракьал.\nДица абила, Суракъат-хӏажил гӏумруялъул нухалъул бицунеб фильм чара гьечӏо депутатазда би- хьизабизе кколин. Гьеб букӏина нилъер депутатазе «халкъалъул вакил» абураб борхатаб цӏаралъе мустахӏикълъизе ккани, хӏалтӏизе кколеб куц малъулеб унго-унголъунги къиматаб дарс.\nСуракъат-хӏажие хӏажат гьечӏо гьадинал юбилеял, нилъее къваригӏун руго гьединал чагӏазул мисалал.\nЖамгӏияб палатаялъул председатель Гӏадулмуъмин Ибрагьимов:\n— Гьайгьай, дагъистаниязе камуна халкъияв депутат Суракъат Асиятилов, амма гьев гьайбатав инсанасул спортивиял ва гӏелмиял бергьенлъаби, гьес нилъее сайгъат гьабураб къимат тӏокӏаб ирс-тӏахьал ва макъалаби даималъго нилъгун хутӏила.\nМедицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор Гӏабудало Асиятиловас жиндирго ва гӏагарлъиялъул рахъалдасан баркала кьуна Суракъат ракӏалде щвезавун абурал лъикӏал рагӏабазухъ ва гьесул гӏумруялъе кьураб къиматалъухъ.\nСуракъат вукӏана гьалбал хирияв ва гьезие хӏурмат гьабизе бокьулев чи. Гьебги хӏисабалде босун, Гьолокь росдада нахъа хӏоралда аскӏоб бугеб рафтингалъул базаялда бечедаб тепсиялда нахъа тӏобитӏана хӏурматиял гьалбадерие нухбитӏиялъул тадбирги. Гьенирги ракӏалде щвезаруна Суракъатица гьарурал лъикӏал ишал, гьарана гьесие алжан насиблъагиян.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "18781-arbuli-mukhiamadov-dirgo-giumruyal-e-l-ela-unk-il-k-imat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18781-arbuli-mukhiamadov-dirgo-giumruyal-e-l-ela-unk-il-k-imat", "title": "Арбули Мухӏамадов: «Дирго гӏумруялъе лъела «ункъил» къимат»", "date": "2022-07-07 10:25:10", "categories": ["gara"], "text": "Гьал къоязда 70 сонилаб юбилей кӏодо гьабуна ДГТУялъул профессор, экономикиял гӏелмабазул доктор, Шамил районалъул Гьандихъ росулъа Мухӏамадов Арбули Гунащевичас.\nГьесул хӏакъалъулъ бицунеб рагӏун гурони, гьев живго дида лъалароан. Жеги вихьичӏев чиясулгун гара-чӏвари гьабиги бигьаяб иш гуро. Амма Арбули ватана ракӏ рагьарав, гьуинаб каламалъул, унго-унгояв магӏаруласул хасият чорхолъ бессарав инсан. Нижер ккана цӏакъ интересаб накъит, гара-чӏвари гьабуна лъимерлъиялда, студентлъиялъул заманалда, гӏелмуялда тӏасан.\nАрбули Мухӏамадов ккола ДРялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчи, РФялъул тӏадегӏанаб школалъул мустахӏикъав ва хӏурматияв хӏалтӏухъан. Жакъа гьес нухмалъи гьабулеб буго ДГТУялда регионалиял экономикиял масъалабазул гӏелмиябгун цӏехрехалъул институталъе.\nДГТУялда экономикаялъе ва строительствоялъегун машиностроениялъе нухмалъи гьабиялъул кафедраялдасан байбихьана гьес жиндирго хӏалтӏулаб нух. Гьебго университеталда Арбули Гунащевичас гӏуцӏана пачалихъияб ва муниципалияб управлениялъул кафедраги.\n«Дир анищ букӏана ядерщиклъун вахъине»\n— Арбули, кин дур, гӏадатияв росдал васасул, пикру ккараб гӏелмуялъул дунялалде лъугьине?\n— Дун гьавуна рекьарухъабазул хъизамалда. Инсухъ букӏана цӏулал, ганчӏил, маххул устарасул махщел, ва гьединго гьес гьабулаан гьабигьанлъиги. Магӏарулаз абухъе, гьев вукӏана анкьгьунар. Эбелги гӏумруялъ колхозалда хӏалтӏана. Гьезул цонигиязда жакъа нилъеца хӏалтӏизабулеб алфавиталда хъвазецӏализе лъалароан. Дунгоги харадунив гьавурав чи вуго. Эбелалда лъалаан латиницаялда хъвадаризе, инсуда — гӏажам хъвай-хъвагӏай.\nАнцӏабилеб классалда цӏалулеб мехалъ, дир анищ букӏана Москваялъул физикиябгун техникияб институталде цӏализе лъугьине. Бокьун букӏана ядерщиклъун вахъине. Амма экономикайилан абураб гӏелму букӏинги, щиб гьеб кколебалиги дида лъалароан.\nЛъикӏал къиматазда лъугӏизабуна росдал школа ва цӏализе лъугьана ДГУялде. Гьеб лъугӏун хадув, дун тана кафедраялда. Битӏун бицани, гӏелмуялде лъугьине дида ракӏалдацин букӏинчӏо. Гьебги ккана тохлъукьего. Ункъабилеб курсалда цӏалулеб мехалъ, экзамен кьолаго, дие ункъил къимат ккезехъин букӏана. Дида абуна, щуйил лъезе бокьани, тӏаде суал кьелилан. Дица инкар гьабидал, преподавателас абуна, щибила лъалеб, мун жеги аспирантураялдеги лъугьине бегьулилан. Гьел рагӏабазулги дица санго гьабичӏо.\nЩуабилеб курс лъугӏидал, дун вачана кафедраялде хӏалтӏизе. Гьебги дие бокьун гьабураб жо букӏинчӏо. Гьезие къваригӏун букӏана, нилъерго гьанир ругел ГЭСазде, 500-600 студентгун, тӏаса бищараб отрядалъул аслияв инженерлъун дун витӏизе. Гьедин тарав чи вукӏана дун конструкциялъул кафедраялда. Амма гьеб экономика щибали гъорлъе лъугьун лъалароан, киназго гӏадин, гьелъул экзамен кьун букӏин гурони.\nЭкономикаялъул кафедраялда вукӏарав вас армиялдеги ун, цоги чи валагьизегӏанин абун, дарсал гьоркьор къотӏичӏого рукӏине, цо чанго моцалъ хӏалтӏизе вачун вукӏана гьез дун.\nГьеле гьеб ракӏалдаго гьечӏого ккараб лъугьа-бахъин сабаблъун экономикаялъул кафедраялдеги ккун, гьениб ана дир тӏолабго гӏумру.\nЛъабго соналъ хӏалтӏана ассистентлъун. Хадув ана Ленинградалде, аспирантураялде лъугьине. Тӏадги вуссун, микьго соналъ доцентлъун хӏалтӏана. Хадувги, цӏидасан докторантураялде лъу- гьине ана Ленинградалде. Лъабго соналдасан, докторлъиялъул диссертацияги цӏунун, тӏад вуссана Дагъистаналде ва, гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан хӏалтӏулев вуго ДГТУялда.\n— Кинаб букӏараб дур профессорлъиялде нух?\n— Дица 1991 соналда цӏунана докторлъиялъул диссертация. Дун вукӏана СССРалда бищун гӏолохъанав экономикиял гӏелмабазул доктор. Гьебги ккана битӏун СССР биххилалде цебе. 1991 соналъул 25 июналда цӏунана диссертация.\nКандидатлъиялъул диссертацияги хъвайги цӏуниги дие кутакалда захӏмалъана. Докторлъиялъулаб цӏунулеб мехалъ, рекӏелъ кинаб букӏаниги хӏинкъи ялъуни васвас букӏинчӏо. Дир ракӏчӏун букӏана гьеб цӏунизе кӏвеялда. Дица абулеб букӏана: «Дун гьениве, гьеб цӏунизе щваралдаса нахъе, дица бер къапичӏого цӏунизе бугин гьеб, бокьараб гьез кьураб суалалъе жавабги кьун», — илан. Амма гьеб киналъухъго дун налъулав вуго дир гӏелмияв нухмалъулев Чистов Леонид Михайловичасе. Гьес дир гӏелмияб нухалъе щулияб кьучӏ лъуна.\nКандидатлъиялъул диссертация хъвана бакӏал раялъулъ хӏалтӏул производительносталъул хӏакъалъулъ. Докторлъиялъул диссертация – бакӏал раялъе нухмалъи гьабиялъул лъикӏаб хӏасил букӏиналда тӏасан. Гьел руго цоцазда хурхарал темаби.\nКандидатлъиялъул хӏалтӏи хъвалаго гӏемер къо бихьана сахлъиялъул хӏал лъикӏ букӏинчӏолъиялда бан. Зама-заманалдасан къалахъа би бачӏунаан. Мугъзагьод жагъалаб букӏиналъ, гӏемераб мехалъ, цин хьибилса кӏалагъоркье чӏарбида вегун, цин гӏодов чӏун хъвана гьеб хӏалтӏи.\nДокторлъун вахъине хӏадурлъулаго, гьединал захӏмалъаби дандчӏвачӏо. Щайин абуни, лъикӏаб хӏалбихьи щун букӏана.\n— Дуе, росулъа васасе, лъилго кумекги кверчӏвайги гьечӏого захӏмат букӏинчӏищ?\n— Кутакалда букӏана. Доб заманалда, нахъа кӏал кӏалъазе чи гьечӏого, аспирантураялда бакӏ щолароан. Дун аспирантураялда бакӏ тӏалаб гьабизе унеб мехалъ, поездалда рекӏине гьудулзабаз билетги босана, чвантиниб 40 гъурущги букӏана. Гьедин ана Москваялде. Лъабго къо бана Москваялъул Курский вокзалалда. Мегеж кӏкӏвазе, гурде чуризе къайи-къоно лъолеб рокъове унаан, кьижун скамейкаялдаги вукӏунаан.\n— Гьанже бугеб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, жакъа мун вугеб борхалъиялде вахине кӏвелаанищ дуда гьабсагӏат цӏалулев вукӏаравани? Гьанже таманаб шагьипара ялъуни лъикӏал бухьенал къваригӏунелъулха…\n— Доб мехалъ дица нахъа тараб нух, жакъа анцӏго нухалъ бигьагоги хехгоги толаан дица.\nДир нухмалъиялда гъоркь ичӏго чияс цӏунана докторлъиялъул диссертация, 52-ял рахъана гӏелмабазул кандидаталлъун. Дида лъала кин гьел кандидаталлъунги доктораллъунги рахъаралали. Гьанже гьеб захӏматаб жо гуро. Узухъда, гьел хӏакъикъиял гӏалимзабилъун рахъунаро, амма кандидаталлъунги доктораллъунги рахъине щибго захӏмалъи гьечӏин тола дица.\nРитӏухълъи цӏунизе хӏаракат бахъана\n— Мугӏалим хӏисабалда студентаз мун цӏакъ веццулев рагӏана. Студентаздехун кинавлъун вукӏине дуца хӏаракат бахъулеб?\n— Ритӏухъавлъун. Дун цӏалулеб мехалъ, нижеда гъорлъги рукӏана лъайхъваязул кумекалдалъун церехун унел васал-ясал. Гьединал жал дида цӏакъ хъинтӏулаан ва квеш букӏунаан. Къоги бихьун, гӏетӏги тӏун, макьугун квенги тун дун цӏалулеб мехалъ, гьедин бигьаго гьел цоял цере щай ине кколебин абун ракӏалдеги кколаан. Цебе заманалда гьединал гӏемер рукӏинчӏониги.\nГьединлъидал, дица гьеб мехалъго дидаго цебе студентаздехун кидаго ритӏухъавлъун вукӏине кколин абураб масъала лъуна. Цо-цо мехалъ кьварун, хъачӏгоги кӏалъан ватила, амма кидаго вукӏана ритӏухъавлъун. Цӏализе хӏаракатгӏаги бахъулел студентазе дица бажарараб кумекги гьабула.\n— Цӏалуларел, кӏвахӏалал студентал рукӏуна гӏемер. Гьединаздехун кинаб бербалагьи дур букӏунеб?\n— Цӏалуларел студенталги рукӏуна батӏи-батӏиял: цо тайпа — лъайхъваяздеги нахъа мугъчӏвазе ругел чагӏаздеги ракӏ чӏарал, нич гьечӏел, цогидал — жидеего бетӏербахъи гьабизе букӏине къасиги къадги хӏалтӏулел рукӏиналъ цӏалдезе заман гӏоларел ва лъабабилел — жидер рижиго кӏвахӏалаб бугел. Гьездехун дир букӏуна мустахӏикъаб бербалагьи. Рукӏуна, кигӏан хӏаракат бахъаниги, жидехъа бажаруларелги. Дица гьединазеги кидаго кумек гьабула. Кумек гьарун вачӏарав чи киданиги нахъчӏваларо.\n— Дур студентаздаги аспирантаздаги гьоркьоса машгьурал гӏадамал рахъанищ?\n— Дир тӏоцевесев аспирант-докторант ккола Сагӏид Амиров. Дир нухмалъиялда гъоркь премьераллъун ругеб мехалда диссертация цӏунана Атай Гӏалиевас, Рамзан Къадировас. Гьединго, гьезда гьоркьор рукӏана Дагъистаналдаса ва Чачаналдаса министрал, «Газпромалъул» ва «Русгидроялъул» генералиял директорал ва цогидалги пачалихъиял идарабазда хӏалтӏулел хӏакимзаби. Гьезул цо-цоял кӏудиял гӏалимзаби рахъун ратиларо, амма жидеего щвараб цӏаралде данде кколеб лъайги гӏакълуги гьезулъ букӏана.\n-Щай жакъа, лъикӏаб лъай кьезе колледжалги институталги ругеб мехалъ, лъикӏал бакӏал ралел гьечӏин абулеб гӏадамаз? Цебе, цӏала-къали гьабизе рес гьечӏониги, сугъулдерил, ругъеждерил, тӏелкьадерил къадахъабазул цӏар букӏунаан…\n— Вузалъ къадахъаби гуро хӏадур гьарулел, инженерал гьарула. Амма гьеб суалалъе дица гьадинаб жаваб гьабила. Дол цере, дун цӏалулеб мехалъ рукӏарал гӏадал унго-унгоял мугӏалимзаби гьечӏо жакъа. Хӏатта, дир гӏелалъул преподавателалгицин гӏемерисел вузаздаса нахъе ана. Кӏиабилеб иргаялда, гӏолохъабазул гьеб ишалъе цӏалиялде гъира базабулеб жо гьечӏо щибниги. Цӏалиялъ щиб кьолеб бугеб гьезие? Щугоанлъго соналъ цӏалиги гьабун, кодоб дипломги ккун хӏалтӏи балагьулел хутӏун руго. Доб заманаялъ цӏализе гъирагӏаги букӏана. Щайин абуни, лъикӏ цӏаларал чагӏазе лъикӏаб бакӏалда хъулухъ щолеблъи лъалаан. Гьанже лъикӏаб бакӏалда хӏалтӏи щолеб буго гьениб лъай-хъвай ялъуни гӏарац бугони. Гьединлъидал гӏолилазул цӏалуде абизегӏанасеб гъира гьечӏо.\n«Гӏадамазе кумек гьабизе щвей — кӏудияб талихӏ»\n— Дида рагӏана, кинаб кумек хӏажалъаниги росуцоялги, гьудул-гьалмагъзабиги, лъале-хъвалелги духъе рортулин. Гьеб дуца талихӏлъунищ рикӏкӏунеб ялъуни гьелъул квалквалищ букӏунеб?\n— Гьеб буго кӏудияб талихӏ, Бетӏергьанас кьураб рес. Аллагьас инсанасе, гьесул хӏалбихьизе букӏине, батӏи-батӏиял ресал кьола. Кьураб ресалдаса пайдаги босун халкъалъе пайдаявлъун вукӏунев чиясда аскӏоб кидаго баракат-рахӏматги букӏунин, гьев Аллагьас цӏунизеги цӏунулин рикӏкӏуна дица. Гӏадамазе кумек гьабизе щвараб мехалъ дидаса вохарав чи вукӏунев ватиларо.\n— «Гӏелму» абураб рагӏиялъе кинаб баян кьелеб дуца?\n— Гӏелму ккола кидаго ва кирго лъай тӏалаб гьабулел рукӏин. Хӏадис буго, мун гӏелму цӏехезе айила, ине ккани, Китаялъул щулалъабазде нахъе щвезегӏангицин. Щаяли, гӏемерисезда ккола «гӏелму» абураб рагӏи гӏицӏго исламияб диналъул гӏелмуялда абулеб жо бугин. Гьединабго хӏадис буго, Аллагьасда божуларев, амма гӏелмуялда хадув лъугьарав чи цеве вукӏунила, Аллагьасда божулев жагьиласдасайин абураб. Бусурбанчиясда тӏадаб буго гӏелму цӏехезе. Китаялъул щулалъабазда нахъаги рукӏана астрономия, физика, химия, медицина ва гь. ц. Бокьараб гӏелмуялда хадув унаго, гьеб лъазабулаго хварав чи гъазичилъун холинги абула?\n— Арбули Гунащевич, нахъа тараб хӏалтӏул ва гӏумрудул нухлуе кинаб къимат кьелеб дуцаго?\n— Дица дирго гӏумруялъе лъела «ункъил» къимат. Гӏемераб заман чӏалгӏадего гьоркьоб ана дир щибго пайда гьечӏел гӏадамалгун. Гьелда ракӏ бухӏун вукӏуна. Гьеб заманалда жанибги чанги пайдаяб жо гьабизе рес букӏана.\nГара-чӏвари гьабуна Мухӏамад МАНАПОВАС"}
{"slug": "18783-marita-mugadova-madaniyab-irs-naslabaze-guin-gabi-bugo-murad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18783-marita-mugadova-madaniyab-irs-naslabaze-guin-gabi-bugo-murad", "title": "Марита МУГАДОВА: «Маданияб ирс наслабазе гьуин гьаби буго мурад»", "date": "2022-07-07 10:55:27", "categories": ["lit"], "text": "Исана 20-абилеб нухалда Дагъистаналда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб «Горцы» абураб фестиваль. Гӏицӏго фольклоралъул, миллияб ратӏлил хаслъи сценаялдаса бихьизабун гуребги, фестивалалъ жанибе бачана, гьениб гӏахьаллъулеб щибаб коллективалъ халкъияб рухӏияб ирс цӏуниялъе гьабулебщинаб хӏалтӏи рагьулел дандчӏваял, жиде-жидер ракьалъул махщелчагӏазул тӏагӏел-алатазул церелъеял, палугьабазул гьунар, циркалъул махщел ва цогидабги.\nДагъистаналъул Халкъияб творчествоялъул рукъ (РДНТ) гӏуцӏаралдаса 85 сон тӏубаялда хурхунги батила, исана гӏатӏидго тӏобитӏана фестивалалъул байрам. Къватӏисел улкабаздаса ва Россиялъул регионаздаса рачӏарал фольклоралъул коллективазул гӏахьаллъигун байрамалъул майданал рукӏана Махӏачхъала, Дербент, Гъизилюрт, Хасавюрт, Каспийск шагьаразда, Унсоколо, Кули, Гъаякент, Табасаран, Гӏахъуша, Шамил ва Мухӏарамкент районазда.\nИндия, Гъиргъизия, Беларусь улкабаздаса, Россиялъул регионал: Калмыкия, Крым, Башкортостан, Ингушетия, Чачан, Марий Эл республикабаздаса, Ставрополь край, Москва, Архангельск, Ростов, Смоленск, Омск, Липецк областаздаса, Архангельск, Пермь, Новгород шагьараздаса рачӏаразги Дагъистаналъул 50-ялдасаги цӏикӏкӏун творчествоялъул коллективалъул гьунарчагӏазги бихьизабуна щибаб мухъалъул миллияб хаслъи.\nБатӏи-батӏиял соназда «Горцы» фестивалалда гӏахьаллъана, гьанже Украинаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъ нилъер улкаялъул рахъ ккуралги, гьелъул гӏаксалда — Россиялде рокьукълъи бихьизабулелги улкабаздаса маданияталъул гьунарчагӏазул 60-ялдаса цӏикӏкӏун коллективал. Гьел рукӏана Азербайжаналдаса, Индиялдаса, Казахстаналдаса, Мексикаялдаса, Словакиялдаса, Турциялдаса, Хорватиялдаса, Ираналдаса, Латвиялдаса, Таиландалдаса, Франциялдаса, Италиялдаса, Узбекистаналдаса, Тажикистаналдаса, Шри-Ланкаялдаса, Польшаялдаса, Румыниялдаса, Сербиялдаса, Чехиялдаса. Жидерго фольклоралъул коллективал нилъехъе ритӏана Донецк ва Луганск халкъиял республикабаз.\nРехсарал улкабазул цо-цо коллективал руго Дагъистаналда тӏобитӏулеб халкъазда гьоркьосеб фестивалалде чанцӏулго щваралги.\nЩулалъараб пикру\nДагъистаналда Халкъияб творчествоялъул (РДНТ) хасаб идара гӏуцӏи байбихьудаго букӏана республикаялъул миллатазул гӏадат-гӏамалалъул, гьунар-махщалил хаслъи цӏуниялде буссараб. Гьеб идараялъул нухмалъуде Марита Мугадова ячӏана 1993 соналда.\nУлкаялъул маданияталъул тӏалаб тӏадчагӏазда кӏочарал, культураялъул рукъзал чӏунтизе тарал гьел соназ Мугадовалъ байбихьана Дагъистаналъул миллатазул хаслъи цойиде бакӏарулеб хӏалтӏи гӏуцӏизе. Чанцӏулго хъван букӏаниги, такрар гьабунин абун зарал букӏинаро — тӏубараб Культура- ялъул министерствоялъ гьабулелдаса бетӏералъ тӏокӏаблъун, хӏажатаблъун ва берцинаблъун би- хьулаан Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏаракатчилъи. Гьезул чӏаголъиялъ Дагъиста- налъул хаслъиялъул гугьар рагьана, дунялалъул батӏи-батӏиял улкабазда тӏоритӏулел гӏемерал тад- биразда. Нилъер росабалъ лъугӏун унел гӏадатал фольклоралъул коллективазул репертуаралде- ги росун, лъутӏа-къотӏун гӏуцӏана бакӏалъулал гьунарчагӏазул ансамблял, халкъияб театралъул коллективал. Гьез хӏадурана, жиде-жидер хаслъи жанибе бачарал, халкъалъе къиматаллъун лъугьарал, кигӏан кӏудияб даражаялдаги рихьизаризе бегьулел церерахъинал.\nАбизе ккола, районазул фольклоралъул коллективазул хӏалтӏи цебетӏеялъеги Халкъияб творче- ствоялъул рукъалъул малъа-хъваяз квербакъулин.\nЦо рахъ буго хасаб лъай щварав чи хъулухъалде тӏами, цогидаб рахъ буго гьев чиясе жиндирго махщел-иш бокьи, гьелда гъорлъе лъугьун лъазаби, балъголъаби рагьи.\n«Дунялалъего рагьана гьудуллъиялъул къуват»\nХалкъияб байрамлъун лъугьараб фестивалалъул къояз, Дагъистаналъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор, культураялъул министралъул заместитель, Россиялъул искусствоялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу Марита Мугадовалъ абуна: «Сонисебги кӏочене течӏого, метериселде ургъун, наслабазе батуледахъ жакъ- асеб хӏалтӏи гӏуцӏи — гьеб буго Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏалтӏул магӏна. «Горцы» фестиваль бижиялъул пикру, кӏудияб хӏалтӏи тӏадебоси — гьеб буго Россиялъул, дунялалъулго миллатаз жидерго умумуз нахъе тараб рухӏияб ирс цӏуни. Нижер мурад буго миллияб маданияб ирс наслабазе гьуин гьаби. Нилъ рижараб ракьалда батараб лъикӏабщиналъул къимат гьабурасул гӏумру берцинлъула, гьудул-гьалмагълъи цӏикӏкӏуна. «Горцы» фестивалалъ дунялалъе жеги гӏатӏидго рагьана миллатал гӏемераб Дагъистаналъул тӏолабго рухӏияб бечелъи, гӏасрабаз цӏунарал гӏадатал, халкъазул берцинлъи, гьудуллъиялъул къуват».\nФестиваль къалеб гала-концертги букӏана лъикӏаздаса лъикӏал коллективал цолъун, щивав гӏахьалчиясул рекӏелъ хутӏулеб хӏалалъ гӏуцӏараб. Халкъияб творчествоялъул рукъалъул юби- лейги баркун, тӏолалго гӏахьалчагӏазе баркалаги кьун, гьезул хӏалтӏул жакъасеб ва метерисеб къоялъе бугеб кӏваралъул бицун гала-концерталда кӏалъана Дагъистаналъул бетӏерасул вакил Муслим Телякавов, Халкъияб Собраниялъул рахъалдаса Камил Давдиев, Россиялъул ва Дагъистаналъул машгьурал культураялъул хъулухъчагӏи.\nЖидерго умумузул рухӏияб ирс бокьулез цогидал миллатазул гӏадатазулги хӏурмат цӏунулин абула. Гьеб хасият чорхолъ бессарав чияс рес гьечӏо миллатчилъиялъул суал борхизе, жамгӏияталъе заралияб нух бищизе. Миллатазда гьоркьоб гьудуллъиялъулаб бухьен цӏикӏкӏиналъе сабаблъун бугин абизе бегьула «Горцы» фестиваль.\nУлкаялъул президентас исана лъазабураб Россиялъул халкъазул искусствоялъул, рухӏияб ирсалъул соналъ тӏобитӏараб бищунго берцинаб тадбирин абизе мустахӏикъаб букӏинин ккола анлъго къоялъ нилъер республикаялда халат бахъараб гьеб байрам.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "18785-islamalda-bishchungo-kivar-bugeb-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18785-islamalda-bishchungo-kivar-bugeb-bajram", "title": "Исламалда бищунго кӏвар бугеб байрам", "date": "2022-07-07 11:20:21", "categories": ["history"], "text": "«Щив чи вугониги ракӏ разиго, кири щвезе букӏиналда ракӏги чӏун, Аллагь разилъиялъул мурадалда къурбан хъурав, гьев чиясе гьеб жужахӏалда цебе пардавлъун чӏола». (Хӏадис бицана Гӏали-асхӏабил вас Хӏасанидасан). Къурбан байрам ккола исламалда бищунго кӏвар бугеблъун. Къурбан къоялъул адабал кинха цӏунизе кколел? Кинаб пайда нилъее гьеб суннат тӏобитӏиялдалъун щолеб? Гьелъул бициналде ракӏалде щвезабилин байрамалде хӏадурлъулаго нилъеда дандчӏвалеб Гӏарафа къоялъул ва гьелда хадусеб лъабго къоялъул хиралъиялъулги.\nГӏарафа – къо\nКъуръаналда Тӏадегӏанав Аллагьас абун буго (магӏна): «Лъагӏалил 12 моцӏалда гьоркьоса ражаб, зулкъагӏида, зулхӏижа, мухӏаррам — жинда жаниб рагъ хӏарам гьабурал руго, воре, нужеца гьел моцӏазда цоцазе зулму гьабуге», — ян. Цогидал моцӏазда гьарурал мунагьазде дандеккун гьел моцӏазулъ гьарурал мунагьал цӏакъго кӏодолъула. Гьединлъидал, гьекъолди, зина, зулму, гъибат-бугьтан ва цогидалги мунагьаздаса хасго гьел моцӏазулъ рикӏкӏад чӏезе ккола.\nМухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Бищунго лъикӏаблъун ккола Гӏарафа къо», — ян. Гьеб кӏодо гьа- була зулхӏижа моцӏалъул ичӏабилеб къоялъ, Къурбан байрамалда цебе, Гӏарафат магӏарда Адамги Хӏаваги дандчӏваялъул хӏурматалда.\nАлжаналдаса ракьалде ритӏаралдаса гьел цоцазе рилун рукӏана. Ратӏа тӏезарун рукӏарал гьел Аллагьасе тӏагӏаталда, ракӏбухӏиялда ва тӏаса лъугьаян Бетӏергьанасда гьардолел рукӏана. Бетӏергьан гьезул гьариялъухъ гӏенеккана ва гьел дандчӏвазе гьаруна. Гьел дандчӏвана Гӏарафат мегӏералъул расалъиялда. Гьез жеги тӏадчӏун Аллагьасда жидерго мукӏурлъи бихьизабуна, тӏаса лъугьаян гьардана. Гьеб мехалда Аллагьас, къиямасеб къо тӏаде щвезегӏан, щибаб соналда Гӏарафат мегӏералде рачӏине ругел гьезул наслабазе, Жиндирго рахӏму ва тӏаса лъугьин букӏине бугеблъи лъазабуна.\nГӏарафат майданалда дугӏаби гьарулаго, Аллагьасда гьардолаго, гьарурал мунагьаздаса рекӏекълъун, Къуръан цӏалулаго, такбир бачунаго, салават битӏулаго тӏобитӏула хӏеж борхулел чанго миллион бусурбабаз гьеб баракатаб, нигӏматазул цӏураб къо.\nГьеб кколеб буго бищунго гӏемер бусурбабазул дугӏа къабул гьабулеб къо. Гьелъул хӏакъалъулъ буго Мухӏамад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадисги:\n«Гӏарафа къоялъ гӏадин гӏемер жужахӏалъул цӏаялдаса Аллагьас Жиндирго лагъзал эркен гьарулеб цогидаб къо гьечӏо. Хӏакълъунго, гьеб къоялъ Аллагь гӏагарлъула гӏадамаздехун ва малаикзабазда цеве гьездаса чӏухӏула. Гьес гьикъула щиб гьезие бокьун бугебалиги». (Муслим, ан-Насаи)\nХӏежалде инчӏел, жидерго рокъор чӏун гӏибадаталда ругезеги рес буго Гӏарафа къоялъул баракат щвезе. Гьеб къоялъ ккураб кӏалалъул кири азарго кӏал кквеялда бащалъулин абула. Мухӏамад аварагасул лъади Гӏайшатица Масрукида абурал рагӏаби: «Я, Масрук, дуда рагӏичӏищ аварагас Гӏарафа къоялъ ккураб кӏал азарго кӏалкквеялда бащадаб бугин абулеб?» (Байгьакъи, Табарани).\nКъурбан ва ташрикъалъул къоял\nНилъеда лъала Къурбан байрам зулхӏижаялъул 10 къоялда тӏобитӏулеблъи. Шафигӏиясул маз- гьабалда рекъон, къурбан хъвезе хӏалкӏолев чиясе гьеб хъвечӏого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хӏалкӏолевлъунги рикӏкӏуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоязги кваназе гӏураб жоги бугев, гьелда тӏадеги къурбаналъе хъвезе бегьулеб жо (чӏегӏерхӏайван, гӏиялъажо) босизе ресги бугев чи. Ташрикъалъул къоялин абула зулхӏижаялъул 11, 12, 13 къоязда. Ташрикъ абураб рагӏул магӏна ккола «бакъалда бан гьан бакъвазаби». Къурбаналъе хъураб боцӏул гьан хвеларедухъ бакъвазабулаан гьел къоязда.\nКъурбан хъвеялъул магӏна буго Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее боцӏудалъун кьурал чӏахӏи-чӏахӏиял нигӏматазе ва, гьединго, лъагӏалидаса тӏасияб лъагӏел бачӏиналде нилъго чӏаго теялъеги Аллагьасе щукру гьаби.\nИмам ибну Хӏажар Гьайтамияс абун буго: «Тӏадегӏанав Аллагьас хӏеж борхулел зияратчагӏазда амру гьабун буго, Къурбан хъолеб къоялъ ва ташрикъалъул лъабабго къоялъ, Минаялда рукӏине, жидерго къурбаназул гьанги кванан хӏухьбахъи гьабизе. Гьеб заманаялъ гьел Аллагьасухъ гьоболлъухъ ругеблъун рикӏкӏуна. Дунялалъулго цогидал бусурбабиги гьел къоязда хӏеж борхулездаго цадахъ кӏал ккун ва цогидабги тӏагӏаталда рукӏуна. Гьелдалъун, гьел къоязда тӏагӏаталда ругел киналниги бусурбаби Аллагьас жидее кьураб нигӏмат кваналаго, ва Гьесул рахӏмуялъухъ щукру гьабулаго, Тӏадегӏанасул гьалбаллъун лъугьуна», — ян.\nТашрикъалъул къоязул гӏаламатлъун ккола киса-кибго Акбар бачунеб букӏин. «Жагьилаб заманалда къурбанал гьарулаан хъанчазе. Гьединлъидал бусурбабаз, Аллагьасул цӏар рехсолаго хъвезе ккола къурбан, гьелдалъун къурбан гӏицӏго Аллагьасе гӏоло гьабулеб жо букӏин бихьизабула», — ян хъвалеб буго имам аль-Хаттабияс. (Ибну Хӏажар «Фатх аль-Бари»)\nГӏибадаталда сордо борчӏи\nГӏарафа къо ва Къурбан байрамалъул сордо Аллагьасе гӏибадат гьабулаго борчӏизе лъикӏаб буго. Гьеб къоялъ гӏемерисел бусурбабаз азарго къулгьуги цӏалула, садакъаби гьарула. Гӏарафа къоялъ суннатаб кӏал ккурав чиясул цебесеб соналъул ва бачӏунеб соналъул кӏудиялги гьитӏиналги мунагьал чурулин абула. Амма нилъеца къварид гьарурал гӏадамазда цебе мунагь чурулеб гьечӏо, нилъеца къварид гьавурав чи тӏаса лъугьун гурони. Къурбан байрамалъул сордоялъ Тӏадегӏанас жиндирго лагъзадерил дугӏабазе жаваб кьола. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Кӏалбиччалеб сордоялъ ва Къурбан хъвеялъул сордоялъ тӏагӏаталда сордо борчӏарав щив чи вукӏаниги, гьесул рекӏелъе пашманлъи бачӏинаро, цогидазде бачӏаниги»\nТӏубараб сордоялъ тӏагӏат гьабизе бажарулеб гьечӏони, сардил ахирисеб лъабил бутӏаялдагӏаги гьабизе хӏаракат бахъизе лъикӏаб буго. Гьединги бажарулеб гьечӏони, боголил ва рогьалил какал жамагӏатгун мажгиталда разегӏаги хӏаракат бахъеян абула.\nСордо бащалъун хадуса гӏидалъул как базегӏан ниятги гьабун черх чуризе, рас ва малъал къунцӏун рацӏцӏалъи гьабизе лъикӏаб буго. Гӏидалъул къоялъги бацӏцӏадаб ретӏелги ретӏун, гьуинал махӏалги гьарун рукӏине лъикӏаб буго.\nАдаб лъангутӏи гӏилла гуро\nБусурбанчияс мискин-пакъирзабазе кумек, рукъалъул агьлуялъе лъикӏлъи, цоцазе дугӏа-алхӏам гьабулеб къо буго Къурбан байрам. Нилъеца кинха гьеб тӏобитӏулеб? Ва кин гьеб суннат кӏодо гьабизе кколеб? Щаялиго гьеб нилъер халкъалда гьоркьоб кӏалбиччан къоялъул байрам гӏадин кӏодо гьабулеб бихьуларо. Гьеб батизе бегьула нилъер халкъалда гьоркьоб къурбаналъул гӏидалде дагьаб тӏадагьаб бербалагьи билълъанхъун букӏин. Кӏалбиччан къоялъ гӏемераб харжги тӏад хвезабун анцӏгоясда гьоркьоса цо чияс гурони кӏалдиб нигӏматги лъолареб стол къачӏала чӏухӏдаего гӏадин, къец бан цоцазе сайгъатал гьарула. Къурбан хъвеялъул суннатин абуни цо-цояз къанагӏат гурони тӏобитӏуларо. Гьединго бакъул календаралда рекъон, дунялалдаго тӏобитӏулеб ва гьитӏинаб къоялдаса нилъги жинде ругьунлъараб цӏияб соналъул байрамалда лъималазе ва гӏагарлъиялъе сайгъатал гьарула нилъеца. Щай бегьулареб хирияб къоялъ байрамги гӏуцӏун, сайгъаталги кьун, нилъерго лъимал рохизаризе?\nКъурбаналъул гӏидалде шагьараздаса яги цогидаб росу-ракьалдаса умумузул росулъе хабаде зияраталъ рачӏуна нилъер гӏемерисел гӏадамал. Цо-цояз гьеб хирияб къоялъул суннаталде кӏвар кьоларо яги адаб тарал жал гьарула. Шаргӏалда бихьизабуралда тӏадеги гьеб байрам тӏобитӏиялъул щибаб росулъ ва шагьаразда батӏи-батӏияб гӏадат билълъун батула. Цо-цояз жидедаго лъалареб жо имамзабаздагӏаги цӏехечӏого, цӏиял гӏадатал рижун ратула яги жидер умумузго гьедин гьабулеб батанин абун чӏола.\nХасго гьеб бихьула гӏолохъанлъуда росу тун къватӏирехун гӏумру гьабун ругел гӏадамазул хасияталъулъ. Гьел кӏудияб ригьалъул гӏадамазда гӏидалъул адабал малъунги кидаго гуро бажарулеб. Имамзабаз бицунелъухъги гьел кидаго гуро гӏенеккулел, гьезул адаб гьабун кӏалъачӏого тани гурого. Хварал эбелинсул яги цогидаб гӏагарлъиялъул хабаде зияраталъ рачӏунел цо-цо гӏадамазул сапар гӏицӏго гьеб зияраталда бухьараб батула. Къурбанги гьезие тӏабигӏаталдеги ун гьанада кьаби букӏуна. Цояз шашликӏал гьарула, цогидаз мехтулел жал гьекъон ихтилат-кеп гьабула. Щибаб росулъ гьечӏониги, гьеб гӏадат цебегоялдаса билълъанхъунги буго цо-цо росабалъ. Хӏисаб гьабеха, къурбаналъул гьан кваназе гӏодор чӏей Аллагьасухъ гьоболлъухъ рукӏинлъун рикӏкӏунеб мехалда, нилъер цоцоязул адаб гьечӏолъи. Къурбаналъул гьанал кӏванагӏан цӏикӏкӏун садакъа гьабуни цӏикӏкӏун кири щвеялда хьулгун цо-цояз тӏабигӏаталде ун гӏагарлъи данде бакӏарараб мажлис гьабулеб буго. Аллагьасул нигӏматги кваналаго, Гьесухъ гьоболлъухъги рукӏаго рекъечӏел харбалги рицун, гӏадамаздаса гъибатги гьабун рукӏине рекъон бугодай?\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "18789-basriyal-gurmazdasan-gimuleb-gajbatab-k-ismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18789-basriyal-gurmazdasan-gimuleb-gajbatab-k-ismat", "title": "Басриял гьурмаздасан гьимулеб гьайбатаб къисмат", "date": "2022-07-07 12:43:08", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "Лъикӏлъиялъул тӏирабаз гӏадамазул ракӏалги лъалъалаго…\nАрхивалда ругел газетал тартибалде рачунаго, дихъе щвана 2005 соналъул подшивка. Гьелда батана газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав, мунагьал чураяв Мухӏамад Махӏатӏовасул макъалаги. Бихьулищха – гӏажаибаб дандеккей. Гьеб бугоан доб мехалда республикаялъул диагностикияб централда хӏалтӏулев вукӏарав тохтур Зиявдин Жамалудиновасул хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Подшивкаялда ругел газетал регулаго, батана газеталъул отделалъул заведующий, мунагьал чураяв Хӏусен Хӏажиевас хъвараб макъалаги. Цӏалана. Кӏудияб асар гьабуна дие мунагьал чураяв Зиявдинил пикрабаз. Ва цебечӏана гьесие гӏумруялъул хӏурулгӏинлъун йикӏарай Хӏалиматил гьайбатаб сипат. Гьей 36 соналъ хӏалтӏана газеталда. Гъоркьиса, гьелда газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан 8 марталъул байрам баркизе, дун щвана Хӏалиматил рокъое, гьабуна лъай-хъвай. Рохелги пашманлъиги жубараб асар гьабуна дие гьелъул гӏумруялъул къисаялъ. Зиявдиница жалго цӏакъ талихӏаллъун рихьизарулел руго макъалабазда. Гьелъулъ батила гьеб талихӏги – кинал захӏмалъаби дандчӏваниги, бихьаралда сабруги гьабун, дагьалъги къеркьезе байбихьи. Хӏалиматица дие бицун букӏинчӏебги тӏатана дие Зиявдинил гара-чӏвариялдаса. Данделъараб тӏоцебесеб анцӏго соналда жаниб гьитӏинго гьезул хун буго ункъо лъимер. Гьел жидее алжан къачӏазе анилан абулеб буго Зиявдиница. Гьеб кинабго хӏехьаралъухъ гьезие Тӏадегӏанас кьун буго лъабго лъимер: кӏиго васги цо ясги. Амма цого-цо йигей ясалъул къисматалъухъ угьдулеб букӏана гьелъул ракӏ.\n— Аллагьас бихьаралда рази йиго. Дидаго хадуб хъулухъ гьабизе гьаюн йикӏарай ясалъе хъулухъалда йиго, — янги абун, магӏилъан гьимана гьей. — Гьале дир дарман, — иланги абун, ба- изеги баана гьелъ диргун лъай-хъвай гьабизе ячӏарай ясалда.\nГьеб кинабго ракӏалде бачӏана жакъаги, Зиявдинил хӏакъалъулъ хъварал макъалаби цӏалулаго.\nМ. Махӏатӏовас, Зиявдинилгун гьабураб гара-чӏвариялда, гьесда гьикъулеб буго киданиги ццин бахъанищилан абун.\n— Валлагь бахъарабха. Цӏакъго гьеб бахъуна жиндирго рахьдал мацӏ лъаларев магӏаруласда, — йилан жаваб кьолеб буго тохтурас.\nГьединго доб заманалъул хӏакъалъулъ бицунаго, З. Жамалудиновас абулеб буго:\n— Цӏакъ бокьилаан миллатазул багъа-бачариялги партиялги цолъун, цадахъ рекъон, «Кинабго – Дагъистаналъе» абураб ахӏиялда гъоркь хӏалтӏизе лъугьине. Гьеб букӏинаан Дагъистаналъе цӏакъ пайдаяб ишлъунги. Гьеле гьелъул хӏакъалъулъ рукӏуна дир пикрабиги ва эркенаб мехалда нужехъе хъвалел макъалабазул аслияб магӏнаги, — ян.\nЦӏар кьезецин лъалареб доб заманалъул карачелабаз гьелчезабулеб бугеб гӏумруялъулги ургъалида вугев магӏаруласул сипат цебе чӏезабулеб буго дица:\n— Бищунго рекӏеда захӏмалъулеб буго гьаб хӏалихьатаб заманалда гӏумру гьабизе ккей. Дирго бицинароан, лъималазда гурхӏизе бачӏуна. Ццин бахъуна гьаб хӏалалде улка ккезабураздаги, гьедин лъикӏ бугин гаргадулездаги. Кколеб рагӏи бадибе абулел, битӏаралъе къимат кьолел чагӏи дагьлъулел рукӏиналъ рахӏат хвезабулеб буго.\nЖегиги гӏемерал ракӏалдещвеял руго Махӏатӏовасул «Гьазул хӏакъалъулъ бицуна» абураб Зиявдин Жамалудиновасул хӏакъалъулъ хъвараб макъалаялда.\nГьаб цӏалидал, дида бичӏчӏана ин- санасул гӏумруялъул магӏна ракьалда толел лъалкӏазул гъварилъиялъулъ букӏин. Гъваридал ратана гьел Дагъ- истаналъул мустахӏикъав тохтур, республикаялъул диагностикияб централъул чӏоразулаб диагностикаялъул отделениялъул нухмалъулевлъун хӏалтӏарав Зиявдин Жамалудиновасулги. Ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас кьун букӏараб тӏадкъай тӏубазабуна гьес – гӏадамазе пайдаявлъун вукӏин.\nГьединавлъун вихьизавун вуго мустахӏикъав тохтур «Дунялалде вачӏун вукӏана гӏицӏго лъикӏлъи гьабизе» абураб жиндирго макъалаялда Хӏусен Хӏажиевасги. Гьесул макъалаялдасан бичӏчӏулеб буго Зиявдин газеталъул гьудул вукӏаравлъиги.\n— Зиявудин вукӏана тӏаса «мискинав», амма жанисан кутакалда бечедав чи. Гьелда абула рухӏияб бечелъиян. Гьебги ккола жанисеб культура, рекӏелъ иман буголъи, чиясе кумек ва лъикӏлъи гьабизе бокьи. Гьеб дидаги бихьана – гьабулеб букӏараб хӏалтӏиги жибго тун, тириго, тӏаде вачӏарасул къваригӏел тӏубазе гӏедегӏулаан Зиявдин. Ишги тӏубан, тӏовитӏулаго, гьес абулаан, намуслъичӏого, бокьараб мехалъ вачӏайилан, — абун хъвалеб буго Хӏусеница жиндирго макъалаялда.\nИнсул тӏалабазда рекъон тӏаса бищун буго Зиявдиница тохтурасул махщелги. Гьесул эменги тохтур вукӏиндалха. Казбек районалъул Гуни росдал чӏахӏияб гӏелалда лъикӏго лъалаан гьесул эмен Жамалудин.\nЗиявдин цӏалана Махӏачхъалаялда, медучилищеялда, цинги — Ленинградалда, электротехникияб медицинаялъул техникумалда. 18 соналъ нухмалъи гьабуна республикаялъул медтехникаялъул управлениялъе, цадахъго лъугӏизабуна мединститутги. Гӏемер соназ хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул №2 больницаялдаги рентгеналъулаб отделениялъул заведующийлъунги.\nМустахӏикъаб къимат кьуна Дагъистаналъул хӏукуматалъ хъахӏаб халгӏаталда лангалги чӏегӏерал тӏанкӏалги лъезе течӏев, тохтурасул тӏадегӏанаб цӏаралъе даим ритӏухъавлъун хутӏарав Казбек районалъул Гуни росулъа Зиявдин Жамалудиновасе: — Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур, СССРалъул сахлъи цӏуниялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур. Гьесие щвана лъабго медаль, Дагъистаналъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамота.\n— Гьев дунялалде вачӏун вукӏана гӏицӏго лъикӏлъи гьабизе — гьадинал берцинал, тӏаде ракӏ цӏалел рагӏабаздалъун лъугӏизабун буго Хӏусен Хӏажиевас Зиявдини хӏакъалъулъ хъвараб макъала.\nГӏищкъу бергьаразул талихӏалъул свералаби\nГӏажаибго берцинаб асар гьабуна дие Зиявдиница бицунеб бугеб жиндирго къисматалъул талихӏалъул маргьаялъ. Унго-унгоги, хӏикматаб маргьалъун бихьана дида гьесул гӏумруялъул тарихалъул бищунго талихӏал бутӏаязул цояб. Гьеб Хӏусенихъе, макъалаялъул авторасухъе, кьун буго Хӏалиматица.\nГьалеха гьеб, дун асир гьаюраб хӏикматаб къиса:\n— Гьеб букӏана 1953 сон. Доб мехалда дун хӏалтӏулев вукӏана Цӏияб Лак районалда. Гьенир рагьун рукӏана библиотекаразул лъагӏалил курсал. Гьенир цӏалулел рукӏана Казбек районалдаса кӏиго гӏолилайги. Гьезул цояй йикӏана Гереева Хӏалимат. Дирги гьелъулги тӏоцебесеб лъай-хъвай ккана гьениб. Къоабилеб соналда жанив вукӏана дун, Хӏалиматилин абуни, букӏинчӏо 17 сон гурони…\nАби буго гӏищкъу бергьарал мурадалде щолилан. Хӏалимат доб мехалъго йикӏана гӏодое йиччарай, сабурай, жиндир хьвада-чӏвадиялда, гара-чӏвариялда санагӏат-дангъва бугей яслъун. Абула, баккулаго лъалин тӏегьилан. Гьединаб адаб-хъатиралъул, намус-яхӏалъул цӏурай гӏун ячӏуней магӏарул яслъун йихьана дида Хӏалимат. Гьединлъидал дир рекӏелъ рещтӏана гьей дирго гӏумруялъул цадахъайлъун гьайизе къасд.\nГӏумруялъул хӏалбихьи бугез, гьеб лъалез абула, бицуна кинабго жо нилъер ракӏалъе бокьухъе ва нилъеца бицухъе букӏунарилан. Гьеб битӏарабги буго – жиб-жиб ишалда жаниб дандчӏвала битӏккунгутӏиги сверабиги. Амма гьединал квалквалал, ургъун, къотӏун, куцун, гӏедегӏичӏого, къезаризе ккола. Гӏадада гурелъулха абулеб гӏумру гьаби мегъ бахин гурилан. Гьединал свераби, кӏичӏаби, захӏмалъаби, хасго гӏолохъанаб мехалъ, нижедаги гӏемер дандчӏвана. Амма гьезухъ балагьичӏого, чӏухӏдаричӏого, нижеца нижерго нух тӏаса бищана. Тӏадегӏанав Аллагьас нижее кумекги гьабуна. Бищун цебе нижеца рехун течӏо исламалъул нух, Аллагьасда божи, гьабичӏо гӏадамазе хиянатлъи, цӏогь, хъамалчилъи.\nГьадин хъвана Зиявдиница. Гӏумруялъул гьудулалъул хӏакъалъулъ гьадинаб дангъваялда лъикӏав инсанас гурони хъвазеги батиларо. Буго гьаб къисаялъул хадусебги – лъималги кӏудиял гӏуна, гьезулги лъималги руго…\nГьеле гьединаб къисаги ракьалда тун, жинцаго хъизамалъул гъасда бакараб талихӏалъул цӏадул тахида Хӏалиматги тун, абадияб рокъове Зиявдин аралдаса гӏуралго сонал ана. Амма гьесул къиса зама-заманалдасан цӏилъун бачӏуна.\nПикрабаз цӏидасан Хӏалиматихъе\nДир пикрабазулъги цӏилъана Хӏалиматил сипат. Гьелдаго хьолбохъ эхетана Зиявдинги. Бокьун буго цоги нухалда гьелъухъе щвезе, гьелъул гъасда жеги цӏорочӏого ругел Зиявдинил талихӏалъул къатӏрабазул тӏинкӏиялъухъ гӏенеккизе. Тӏатӏала юссун, цӏалулеб буго гьесул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби.\nГьабгощинаб лъикӏлъи цохӏо чиясе кисандай щвараб?! Гьадиназ ракьалда рекьун толел гӏадамазде бугеб рокьул цӏурал къатӏрабаз берцин гьабураб гъанситоялъухъ рагӏулел рукӏуна умумуз нилъее ирсалъе тарал гӏумруялъул дарсазул магӏна. Гьеб магӏна босизе лъарав ва бажарарав Зиявдин Жамалудиновасги жиндирго хасаб тарих хъвана цин хъизамалъул, хадуб – магӏарулазул, цинги – Дагъистаналъул къисаялда.\nБокьун буго гьаб гьайбатаб къиса цоги нухалда Хӏалиматил кӏалдисанги рекӏелъанги рагӏизе. Бо- кьун буго цӏидасанги гьейгун елъизе, гӏодизе. Гьелъул къисматалъул къисаялъул аслияв багьадулъун кколев Зиявдинил бицунаго, Хӏалиматил гьурмада рещтӏунеб разилъиялъухъ гӏорцӏизегӏан гьоболлъи базе…\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "18915-reklamayal-ul-kh-arshchal-fapal-va-naryn-kh-ala-rfyal-ul-federaliyab-sobraniyal-ul-federatsiyal-ul-sovetal-ul-predsedatelal-dag-istan-betstsana-amma-makhiachkh-alayal-ul-k-vatial-kakana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18915-reklamayal-ul-kh-arshchal-fapal-va-naryn-kh-ala-rfyal-ul-federaliyab-sobraniyal-ul-federatsiyal-ul-sovetal-ul-predsedatelal-dag-istan-betstsana-amma-makhiachkh-alayal-ul-k-vatial-kakana", "title": "Рекламаялъул хъарщал, ФАПал ва Нарын-хъала ( РФялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председателалъ Дагъистан беццана, амма Махӏачхъалаялъул къватӏал какана)", "date": "2022-07-14 08:34:27", "categories": ["kkara-tar"], "text": "11 июлалда Дагъистаналде ячӏун йикӏана РФялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенко. Республикаялда гьелъ бана кӏиго къо ва гьеб кӏиябго къоялда гӏемераб бакӏалдеги щвана. Нилъер миллияб квен-тӏехалъул хӏалги бихьана, цо-цо хӏакимзабазе бадирчӏваялги гьаруна.\nРеспубликаялде сапар бухьиналъе аслияб гӏилла букӏана «Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъе пачалихъалъул кверчӏвай» абураб программаялда рекъон гьарулел ругел хӏалтӏабазухъ хал гьаби. Гъоркьиса Федералияб Собраниялда «Дагъистаналъул къоял» унеб мехалда къабул гьабун букӏана гьеб программа.\nЛъагӏел ун хадуб республикаялда кинал хиса-басиял ккун ругел ва щиб гьабулеб бугебали лъазе бокьун букӏана гьелъие.\nСамолеталдаса рещтӏиндал гьей ана Махӏачхъалаялъул аэропорталъул цӏияб терминалалъухъ балагьизе.\nЖанисанги къватӏисанги берцинго къачӏараб, гьанжесел технологиязул киналго шартӏазда рекъон хӏадур гьабун бахъунеб бугеб терминал гьелъие рекӏее гӏуна.\nАэропорталдаса гьей ана Каспийскиялде. Гьениб гьанжегӏагар бараб цӏияб ясли-ахалде щвана, гьитӏичазда гьикъа-бакъарана, гьезие хӏеренаб мацӏ бицана, ясли-ахалъул хӏалтӏухъабазулгун накъит гьабуна.\nКаспийскиялдаса гьей ячӏана Махӏачхъалаялде. Украинаялда къадаралде щварав Россиялъул бахӏарчи Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар лъураб школалде щвана В. Матвиенко. Къеда бараб, мармарлъул къоноялда бикӏун гьабураб рагъулав бахӏарчиясул сураталда цее, пашманаб сихӏкъотӏигун, цо минуталъ эхетана. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгун цадахъ, тӏугьдузул квацӏиги лъуна сураталда гъоркь.\nГьенисан ана тахшагьаралъул майданалдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб «Хъвадарухъабазул минаялде». Мунагьал чураяй Фазу Гӏалиева гӏумру гьабун йикӏанин гьеб рокъойин бицунеб мармаралъул хъарщи рагьана В. Матвиенкоцаги ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги. Аскӏов эхетун вукӏана Ф. Гӏалиевалъул вас Жамбулат Мухӏамадовги.\nКӏудияй шагӏиралъул хӏакъалъулъ лъикӏал рагӏабиги абуна гьелъ. Гьел кӏиязулго цоцада рагӏизабураб гьудуллъиги букӏун буго. Гӏемер цоцахъеги кӏалъалаанин жалин бицана Федерациялъул Советалъул нухмалъулелъ.\n— Кида кӏалъаниги дида бицине цӏияб щиб букӏаниги жо батулаан гьелъул. Гӏажаибай гӏадан йикӏана Фазу. Тӏубараб дунялалъего гӏураб рекӏел гӏатӏилъиги, кучӏдузул цӏураб ракӏги букӏана гьелъул, — ин абуна В. Матвиенкоца.\nХадуб республикаялъул нухмалъулев С. Меликовасулгун, гьесул кабинеталда, ракӏ рагьараб хабар букӏана гьелъул.\nБакъанида киналго хӏакимзабиги данде ракӏарун, хӏукуматалъул рокъоб данделъиги тӏобитӏана Москваялдаса гьоболалъ. Гьениб республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министралъе бадибчӏвайги щвана. 30-гӏанасеб фельдшеразулгун акушеразул пункт банин республикаялдаян еццарилей йикӏанин мун жиндие, амма гьел ФАПазул цонигиялъуб я бухӏарабгун цӏорораб лъим, я гьабин абизе инфраструктура жеги чӏезабун гьечӏин абуна гьелъ. Тӏохикье руссинарун гӏолел жалищин рукӏунел ФАПалинги абуна гьелъ министр Татьяна Беляевалда.\nГьединго Матвиенкол бадибчӏвай щвана Махӏачхъалаялъул мэрасеги. Шагьар сурукъ гьабун бугила цо-ялдаса цоял чӏахӏиял рекламаялъул хъарщазул гӏемерлъиялъ.\n— Шагьар берцин гьабулел жал ккола тӏугьдул, скверал, гӏурччинал ахал. Нужер гьаниб абуни рекламаялъул игӏланаз сурукъ гьабун буго гьадигӏан берцинаб шагьар, — ин абуна Москваялдаса ячӏарай хӏакималъ.\nГьединаб букӏана Валентина Матвиенкол республикаялде гьабураб сапаралъул тӏоцебесеб къо.\nКӏочон тезе бахъана, ДРялъул Руччабазул цолъиялъул нухмалъулелъ хӏурматияй гьоболалъе сайгъаталъе кьуна шалги, каранда бана орденги. Гьеб кӏиябго шапакъаталъ цӏакъ рази гьаюнин ккола В. Матвиенкоги.\nНахъисеб къоялъ, радалго яхъун, Дербенталде щвезе ана гьей.\nГьениб В. Матвиенкое кӏудияб гьоболлъиги гьабуна. Бархъалисезул щагӏил цӏарагӏалъул, кубачия- зул месед-гӏарцул ва табасараназул тӏанса-салмаг бессулел устарзабиги рукӏана гьенире ракӏарун. Синомахӏаб хӏарщудаса щагӏил хъаба гьабулей ригь арай цо устаралда цее лъалхъана Матвиенко. Гьалъул берцинлъийилан, гьелъул чӏинчӏоги битӏизабуна, кӏудияй «модница» йикӏун йигин хералъе махсараги гьабуна. Табасараназул тӏанса бессулей микьго сон барай ясалъеги бицана берцинаб мацӏ.\nГьедин, некӏсияб шагьаралда кӏудияб свериги бахъун, гьаний гӏемераб жоялъ панаги гьаюн, нахъюссун Москваялде ана В. Матвиенко.\nИналде цебе нилъер республикаялъе рецц-бакъги гьабуна. Масала, гӏажаибго берцинаб тӏабигӏатги, гьобол-гьудуласе рагьарал ракӏазул гӏадамалги ругеб хӏикматаб ракь бугин Дагъистанин абуна.\nБаркалаги кьуна гьоболлъиялъухъ, гьанибго ракӏги тун унеб асар бугин жиндириланги абуна.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "18917-g-izilyurtalda-goboll-ukh-milliyab-gazeta", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18917-g-izilyurtalda-goboll-ukh-milliyab-gazeta", "title": "Гъизилюрталда гьоболлъухъ – миллияб газета", "date": "2022-07-14 08:45:34", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исанаги «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ байбихьана цӏалдолезулгун дандчӏваял тӏоритӏизе. Тасдикъ гьабураб планалда рекъон, араб анкьалда сапар бухьана Гъизилюрт шагьаралде. Гьенир редакциялъул хӏалтӏухъаби дандчӏвана Гъизилюрт районалдаги шагьаралдаги гӏумру гьабулел «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабигун. Дандчӏвай тӏобитӏана шагьаралъул администрациялъул минаялда бугеб данделъабазул залалда.\nДандчӏваялда гӏахьаллъана Гъизилюрт районалъул бетӏерасул заместитель Ибрагьим Мутӏалибов, шагьаралъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Малик Патахӏов, Гъизилюрт районалъул администрациялъул культураялъулгун туризмалъул отделалъул начальник Хӏажилав Хӏажилаев, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Мухӏамад-Мирза Мирзаев ва цогидалги.\nДанделъи нухда бачарав Малик Патахӏовас къокъго бицана «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ Гъизилюрталъул ракьалде сапар гьабиялъе бугеб гӏиллаялъулги хӏакъалъулъ. «Щивав магӏаруласул рокъоб урхъараб гьоболлъун буго «Хӏакъикъат». Гьелда батула халкъалъул тарихги, маданиятги, къокъго абуни, миллаталъул рухӏияб бечелъи. Районалъулги шагьаралъулги лъикӏаб бухьен буго газеталъул редакциялъулгун ва ракӏалде ккола гьеб гьудуллъи жеги камиллъилин», — ан абуна гьес.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏазде саламалъулаб хитӏаб гьабуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас. Гьес загьир гьабуна цӏалдолелгун дандчӏваялдаса кӏудияб рохел ва рехсана сапаралде рахъарал газеталъул хӏалтӏухъабазул хӏакъалъулъ цо-цо баянал.\n«Щибаб халкъалъул мацӏ буго кӏудияб хазина. Жакъа нилъ ругьунлъун руго рокъор лъималаздаги лъималазул лъималаздаги гӏурус мацӏалда кӏалъазе. Щаклъи гьечӏо – гӏурус мацӏалъ нилъее нуцӏа рагьана кӏудияб дунялалде, маданияталде, лъай кьеялде, цивилизациялде. Дир эбел-инсуда лъалаан лъарагӏ мацӏги – гьезда гьоркьор гӏумру гьабулел рукӏун. Жакъасел гӏелазда лъаларо я рахьдал мацӏ, я мадугьалихъ бугеб цогидаб миллаталъул мацӏ. Киназго хӏаракат бахъулеб, миллияб мацӏги ракьанде рехун, ингилисазул, китаязул ва цогидазул мацӏал лъазаризе. Тӏоцебесеб иргаялда, хъизамалда хӏаракат бахъизе ккола рахьдал мацӏги, миллияб гӏадат-гӏамалги, махӏгун яхӏги цӏунизе. Хадуб гьелде кӏвар кьезе ккола лъималазул ахакь, школазда. Жакъа киналго къеркьолел руго «Россиялъул гӏаммаб гражданинлъи» абураб бичӏчӏи тӏибитӏизабизе. Амма магӏарулав, даргияв, тумав, лъарагӏав ва гь.ц. миллаталъул вакиллъун кколеблъи кӏочарав чиясухъа кинго бажаризе гьечӏо «Россиялъул гӏаммав гражданинлъун» живго лъугьинавизе. Магӏаруллъиги кӏочон тун, тӏолабго Россия ватӏанлъун гьабизе рес букӏунаро», — ян бицана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.\nДанделъиялда кӏалъазе рахъарал «Хӏакъикъаталъул» цӏалдолез лъикӏаб къимат кьуна газеталъе. Гӏемерал соназ гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьураб Мухӏамад Бутаевас, масала, абуна, щивасул рокъоб букӏине мустахӏикъаб магӏарул газета жинца кидаго цӏалулин ва пайдаял макъалаби гӏемер ратулин гьелдайилан абун.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏаз кӏудияб рохелгун къабул гьабуна Цӏобокь-Миякьоб росулъа гьитӏинав хъвадарухъан Гӏали Гӏумаровасул кӏалъай. Гьес бицана «Хӏакъикъаталъулги» жиндиргоги цебегосеб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъ ва рикӏкӏана жиндирго кечӏ. «Хӏакъикъаталъеги» сайгъат гьарун руго гьес гьадинал мухъал:\nДир хирияб «Хӏакъикъат»,\nМагӏарулазе къимат.\nЛъикӏаб-квешаб борцунеб,\nКъадру тӏокӏаб казият.\nЩибаб гьумер цӏалула,\nГьелъул магӏна босула.\nЦинги мухӏканго гьабун,\nЦӏунизе нахъе лъола.\nМагӏарулазул гӏумру,\nДургун гӏахьал букӏуна.\nКиб, кида, ва щиб ккараб,\nДуца баян гьабула.\nДир хирияб «Хӏакъикъат»,\nМагӏарулазул къуват.\nТӏолабго авар миллат,\nДуда сверухъ буссуна.\nМун гӏакъилаб гьоболги,\nГьунар тӏокӏаб гьудулги.\nГьечӏо дудаса цӏакъаб,\nНижее казиятги.\n«Хӏакъикъаталъулгун» дандчӏваялда Гъизилюрталъул администрациялъ кӏодо гьабуна Хъизамалъул къоги. Данделъиялде ахӏун рукӏана 58 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъади – Ойболатовазул хъизам. ДРялъул Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовасул рахъалдаса Малик Патахӏовас гьезие кьуна «Ро- кьиялъухъ ва ритӏухълъиялъухъ» абураб медаль.\nСулейман ва Бурлият Ойболатовазул мисалияб хъизамалъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго газеталда. Редакциялъин абуни иргадулаб сапар гьабизе буго Гумбет районалде.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "18918-g-izilyurtalda-goboll-ukh-milliyab-gazeta", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18918-g-izilyurtalda-goboll-ukh-milliyab-gazeta", "title": "Гъизилюрталда гьоболлъухъ – миллияб газета", "date": "2022-07-14 08:45:34", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исанаги «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ байбихьана цӏалдолезулгун дандчӏваял тӏоритӏизе. Тасдикъ гьабураб планалда рекъон, араб анкьалда сапар бухьана Гъизилюрт шагьаралде. Гьенир редакциялъул хӏалтӏухъаби дандчӏвана Гъизилюрт районалдаги шагьаралдаги гӏумру гьабулел «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабигун. Дандчӏвай тӏобитӏана шагьаралъул администрациялъул минаялда бугеб данделъабазул залалда.\nДандчӏваялда гӏахьаллъана Гъизилюрт районалъул бетӏерасул заместитель Ибрагьим Мутӏалибов, шагьаралъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Малик Патахӏов, Гъизилюрт районалъул администрациялъул культураялъулгун туризмалъул отделалъул начальник Хӏажилав Хӏажилаев, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Мухӏамад-Мирза Мирзаев ва цогидалги.\nДанделъи нухда бачарав Малик Патахӏовас къокъго бицана «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ Гъизилюрталъул ракьалде сапар гьабиялъе бугеб гӏиллаялъулги хӏакъалъулъ. «Щивав магӏаруласул рокъоб урхъараб гьоболлъун буго «Хӏакъикъат». Гьелда батула халкъалъул тарихги, маданиятги, къокъго абуни, миллаталъул рухӏияб бечелъи. Районалъулги шагьаралъулги лъикӏаб бухьен буго газеталъул редакциялъулгун ва ракӏалде ккола гьеб гьудуллъи жеги камиллъилин», — ан абуна гьес.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏазде саламалъулаб хитӏаб гьабуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас. Гьес загьир гьабуна цӏалдолелгун дандчӏваялдаса кӏудияб рохел ва рехсана сапаралде рахъарал газеталъул хӏалтӏухъабазул хӏакъалъулъ цо-цо баянал.\n«Щибаб халкъалъул мацӏ буго кӏудияб хазина. Жакъа нилъ ругьунлъун руго рокъор лъималаздаги лъималазул лъималаздаги гӏурус мацӏалда кӏалъазе. Щаклъи гьечӏо – гӏурус мацӏалъ нилъее нуцӏа рагьана кӏудияб дунялалде, маданияталде, лъай кьеялде, цивилизациялде. Дир эбел-инсуда лъалаан лъарагӏ мацӏги – гьезда гьоркьор гӏумру гьабулел рукӏун. Жакъасел гӏелазда лъаларо я рахьдал мацӏ, я мадугьалихъ бугеб цогидаб миллаталъул мацӏ. Киназго хӏаракат бахъулеб, миллияб мацӏги ракьанде рехун, ингилисазул, китаязул ва цогидазул мацӏал лъазаризе. Тӏоцебесеб иргаялда, хъизамалда хӏаракат бахъизе ккола рахьдал мацӏги, миллияб гӏадат-гӏамалги, махӏгун яхӏги цӏунизе. Хадуб гьелде кӏвар кьезе ккола лъималазул ахакь, школазда. Жакъа киналго къеркьолел руго «Россиялъул гӏаммаб гражданинлъи» абураб бичӏчӏи тӏибитӏизабизе. Амма магӏарулав, даргияв, тумав, лъарагӏав ва гь.ц. миллаталъул вакиллъун кколеблъи кӏочарав чиясухъа кинго бажаризе гьечӏо «Россиялъул гӏаммав гражданинлъун» живго лъугьинавизе. Магӏаруллъиги кӏочон тун, тӏолабго Россия ватӏанлъун гьабизе рес букӏунаро», — ян бицана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.\nДанделъиялда кӏалъазе рахъарал «Хӏакъикъаталъул» цӏалдолез лъикӏаб къимат кьуна газеталъе. Гӏемерал соназ гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьураб Мухӏамад Бутаевас, масала, абуна, щивасул рокъоб букӏине мустахӏикъаб магӏарул газета жинца кидаго цӏалулин ва пайдаял макъалаби гӏемер ратулин гьелдайилан абун.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏаз кӏудияб рохелгун къабул гьабуна Цӏобокь-Миякьоб росулъа гьитӏинав хъвадарухъан Гӏали Гӏумаровасул кӏалъай. Гьес бицана «Хӏакъикъаталъулги» жиндиргоги цебегосеб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъ ва рикӏкӏана жиндирго кечӏ. «Хӏакъикъаталъеги» сайгъат гьарун руго гьес гьадинал мухъал:\nДир хирияб «Хӏакъикъат»,\nМагӏарулазе къимат.\nЛъикӏаб-квешаб борцунеб,\nКъадру тӏокӏаб казият.\nЩибаб гьумер цӏалула,\nГьелъул магӏна босула.\nЦинги мухӏканго гьабун,\nЦӏунизе нахъе лъола.\nМагӏарулазул гӏумру,\nДургун гӏахьал букӏуна.\nКиб, кида, ва щиб ккараб,\nДуца баян гьабула.\nДир хирияб «Хӏакъикъат»,\nМагӏарулазул къуват.\nТӏолабго авар миллат,\nДуда сверухъ буссуна.\nМун гӏакъилаб гьоболги,\nГьунар тӏокӏаб гьудулги.\nГьечӏо дудаса цӏакъаб,\nНижее казиятги.\n«Хӏакъикъаталъулгун» дандчӏваялда Гъизилюрталъул администрациялъ кӏодо гьабуна Хъизамалъул къоги. Данделъиялде ахӏун рукӏана 58 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъади – Ойболатовазул хъизам. ДРялъул Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовасул рахъалдаса Малик Патахӏовас гьезие кьуна «Ро- кьиялъухъ ва ритӏухълъиялъухъ» абураб медаль.\nСулейман ва Бурлият Ойболатовазул мисалияб хъизамалъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго газеталда. Редакциялъин абуни иргадулаб сапар гьабизе буго Гумбет районалде.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "18923-doza-sababl-un-l-uk-uleb-talikhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18923-doza-sababl-un-l-uk-uleb-talikhi", "title": "«Доза» сабаблъун лъукъулеб талихӏ", "date": "2022-07-14 09:06:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "Заманаялъ лугбузе лазат кьолеб, гӏадалнах мигьлъулеб гьеб «доза» сабаблъун лъукъулеб- щинаб талихӏ, балебщинаб чӏегӏер. «Передоза- ялъ» хванин щурун бицуна, ботӏрол бидурихь тӏунин, рекӏелъ гарацӏ ккун хванилан рагӏун абула.\nРагъда чӏварал бахӏарзазе кинигин, чӏегӏераб мармаралъул чӏухӏарал заналги эхе- тула къаданир. Заназдаса балагьун — цояздаса цоял гьайбатал васал.\nГӏемер ракӏалде щола мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас гьеб киналъулго ракӏунтун бицунеб букӏараб куц.\nЦо къоялъ гьес ахӏана жиндихъе ячӏаян. Хъахӏаб рокъов, хӏалтӏул кабинеталъув, жиндиего хасиятаб чӏаголъи ссвараб кинигин ватана гьев. Сунцадай Суракъат гьадигӏан сасун вугеван рахӏатхвей бижана диргоги. «Унгоха, гьаб заманалъул согӏлъи, дунял хъублъун бугеб куц. Дирго ракӏ чучиялъе ахӏун йикӏана жакъа мунги, сахал гӏадамал дару-дарманлъун рукӏунелъул.\nГьаб анкьида жаниб ункъо батӏияб бакӏалде зигараялъ щвана дун — ункъавго гӏолохъанчи, ункъавгоги наркотикал сабаблъун хварал. Гӏорхъолъа унел руго гӏолохъаби. Кин гьаб балагь чӏезабилеб?\nЭбел-эмен регӏун гьечӏо лъималазул тӏалаб гьабизе. Цоцазул хӏурмат, гьуинлъи жаниб гьечӏеб хъизамалда жамгӏияталъе пайдаяв чи гӏезеги рес гьечӏо. Цин къинабизе гӏураб рухӏияб къуват гьечӏолъиялъ, гьитӏинаб багьанаялъе гӏологи чӏвалел руго гӏолохъаби цоцаца.\nНилъер улкаялъул ва диналъул тушбабаз балъго тӏибитӏизабулеб загьруяб яргъил цояб буго наркотикал. Гьелъул бицине ккола казиятаздасанги, телевидениялдасанги, школаздаги, мажгитаздаги, годекӏанибги…»\nРасанкӏаби гуро, заман кье лъимадуе\nНаркоманиялъул заралалъул гӏемер бицуна, гьелда данде гьабулеб хӏалтӏиги гӏезегӏанго бугин абула. Кин батаниги, халкъалъул къадаралъул хӏисаб гьабидал, наркотикал хӏалтӏизарулел нилъер республикаялда бищунго цӏикӏкӏун ругин баян кьолеб буго ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ.\nГьезулго баяназда рекъон, анкьазаргогӏанасев чи рагӏула республикаялъул наркодиспансералъул халгьабиялда гъоркь. Гьезул халгьабиялда гьечӏел кигӏанха ратилел.\nЛъималазе гӏемерал расанкӏаби, багьаяб ретӏел-хьит босичӏого, гьезие цӏикӏкӏун заман кьеян абула гӏакъилал гӏадамаз. Гьанже гӏаксалда кколеб гьечӏищ?\nНаркоманиялда данде рагъ\nООНалъул генералияб асамблеялъ, 35 соналъ цебе, 26 июнь бихьизабун буго Халкъазда гьоркьосеб наркоманиялда данде къеркьолеб къолъун. Гьеб къоялда данде ккезабун Чӏарада районалъул Цӏуриб библиотекаялда тӏобитӏана талихӏкъосараб, балагьаб ахӏвал-хӏалалде чи ккезавулеб наркоманиялъул бицунеб данделъи.\nЖибго тадбир берцинго гӏуцӏун гуребги, гьоркьоб лъураб масъала бичӏчӏулел, гьелъул бицине лъалел гӏадамал ахӏун рукӏана библиотекаялъул хӏалтӏухъабаз гьенире. Наркоманиялъул заралалъул, гьеб тӏибитӏизабулез къорикье ккезарулеб къагӏидаялъул гӏолилазе бицана районалъул исламалъул церехъабаз, райадминистрациялъул экстремизмалъулгун терроризмалъул отделалъулгун спорталъул ва цогидалги жавабиял ида- рабазул махщелчагӏаз. Гьенивго кӏалъарав тохтур-наркологас баян кьуна гьаб ахираб лъабго соналда жаниб Чӏарада районалда наркотикал хӏалтӏизарулев цониги чи тӏатинчӏиланги.\nХӏухьбахъиялъул заман бугониги, хасаб программагун гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Цӏуриб школалъул цӏалдохъабиги.\nДанделъараз гӏолилазе бицана гӏицӏго наркоманиялъул гуребги, гьекъел-мехтелалъул ва хъалиян бухӏиялъул заралалъулги.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "18929-shamil-mukhiidinov-giumruyal-uchitell-un-khutiana-dun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18929-shamil-mukhiidinov-giumruyal-uchitell-un-khutiana-dun", "title": "Шамил Мухӏидинов: «Гӏумруялъ учительлъун хутӏана дун»", "date": "2022-07-14 11:30:33", "categories": ["gara"], "text": "Сунда тӏасан хабар гьабуниги, тӏубараб къоялъ аскӏор рукӏаниги, чӏалгӏунареб каламалъул чи вуго Шамил Мухӏидинов. Тӏахьазги оргтехникаялъги сверун ккураб гьесул рокъоб жеги таманал сагӏтал разе рукӏун ратила, квен цӏоролеб бугилан Шамилил лъади Патӏимат жание яккичӏейани.\nСоветияб заманалда кӏиялго директораллъунги рукӏана гьел: Шамил Мухӏидинов – Бакьайчӏи росдал школалъул, Патӏимат – халичаби рессулеб фабрикаялъул.\nЦинги 23 соналдасан Шамилица хӏалтӏи хисана. Гьесда тӏадкъана Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редакторасул хъулухъ. Гьелдаса хадув гочана Махӏачхъалаялде, ана Сириялде, хӏалбихьана преподавательлъиялъул, таржамачилъиялъул, публицистикаялъул, шагӏирлъиялъул. Гьесул руго рикӏкӏен гӏемерал цӏалулги (гӏараб мацӏалъул), бекьечӏдерил тарихалъулги, кучӏдузулги тӏахьал. Кватӏичӏого къватӏибе бачӏине буго баснябазул тӏехьги.\nАмма гьеб киналдасаго цӏакъ Шамил Мухӏидиновасе рекӏее гӏола мугӏалимлъи, насихӏатчилъи. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.\n— Тӏехь босизе гурони лъачӏо гӏумруялъ. Даран-базарги цогидабги киданиги гьабичӏо. Доб мехалда почалдасан заказ гьарулаан дица тӏахьал. Хасго магӏарул мацӏалда рахъарал тӏахьал росичӏого кинго толароан. Сириялде цӏализе индал, дорасаги кьуна дие гьезул цо къадар.\nГьадаб шкафалъул тӏасиял полкабиги руго мунагьал чураяв инсул рукӏарал гӏараб тӏахьазул цӏун. Институталда вукӏарав цо преподавателас абулаан жиндир рокъор ругин Сталинилги Хрущевасулги тӏахьал, гьел цоцалъ рагъулелги гьечӏилан. Гьедин дир гьанирги руго исламиялги атеизмалъулги тӏахьал, гьелги цоцалъ рагъулел гьечӏо.\n— Атеизмалъул тӏахьал кин ккарал дур гьанире?\n— Советияб заманалда гьединаб магӏна гъорлъ гьечӏого цониги тӏехь бахъулароан. Инхоса Гӏалихӏажиясулцин тӏехь бахъулеб мехалда аслияблъун гьабун букӏана «Будун-дибир абула, дандамаял, гьороял» абураб кечӏ, гьев исламалда дандечӏарав чи вукӏарав киниги. Кӏалалъ исламалъул бицаниги, гьелда рекъон хьвадуларел будун-дибирзабазде хъван буго гьес гьедин.\nЧӏанкӏагун Махӏмудги рихьизарулаан исламалда дандечӏараллъун. Диналда данде чӏарав кин, масала, Чӏанкӏа вукӏунев, гӏараб мацӏги лъалев, дибирлъунги хӏалтӏарав чи. Рокьуца вухӏулеб мехалда, рекӏелъ бугеб хӏасрат бихьизабизелъун хъвараб гьесул кӏиго мухъ букӏунаан гелдезабулеб.\nМасала, Цӏадаса Хӏамзатица «Алип» абураб кочӏолъ гьадин хъвана: «Гъайирбег, лъица аб дур хатӏ куцараб, кагътил гьумер цӏолеб цо-цо мухъ бугин», «Аб пакъир, Къапалъул къули бихьулищ къайи баччун унев хӏамбалав гӏадин».\nХас гьабун Гъайирбег абурав чиясул хатӏги какун Хӏамзатица хъвараб гьеб кочӏолъ доб мехалда рикӏкӏунаан гӏараб алфавит какун хъвараб кинниги. Кин гьес гьеб какулеб, гӏурус хатӏалъ жинцаго цониги кечӏ хъвачӏев чияс. Доб заманалъул политика кинаб букӏарабали лъаниги, цоцо чагӏаз Хӏамзатиде гӏайиб гьабула совет хӏукумат беццун кучӏдул хъванилан. Дица гьабуларо, щайин абуни, гъосда нахъасанги хъвадарулел чагӏи рукӏана –дибирлъун вукӏанин, гӏараб гӏелму цӏаларав вугин, Сибиралде щай витӏуларевин абун. Амма гьев цӏунун хутӏана Гӏабдурахӏман Данияловасулгун лъикӏаб лъайхъвай букӏиналъ, кӏиабизе, Сталинги Конституцияги беццун хъваялъ. Хӏакъикъаталда абуни, Хӏамзатил хъвай-хъвагӏаялъул магӏна батӏияб букӏана. Масала, росе «Гӏумруялъул дарсал» — рас хутӏичӏого Мухӏамад аварагасул хӏадисал руго поэзиялдалъун къватӏире кьурал. Хӏамзат гьедин цӏодорго хӏалтӏичӏевани я Расул вукӏунароан, я Хӏажияв виччалароан цеве ваккизе.\n— Тӏахьазде рокьи кин дуе щвараб?\n— Дилъ бугебщинаб тӏокӏлъиги тӏадегӏанлъиги мунагьал чураяв эмен Мухӏидинидасан бачӏанилан тола дица. Учитель вукӏана гьев. 17 сон тӏубазегӏан Манасалда, Жунгуталда мутагӏиллъунги вукӏун, хадув гьев гӏахьаллъана гражданиябги Кӏудияб Ватӏаниябги рагъазулъ.\nИсламияб гӏелму цӏалун букӏиналъ, гьелдаса кьуричӏо эмен, амма учительлъун хӏалтӏулеб мехалда какал балъго разе кколаан. 23 соналъ Буцӏра, Могьохъ ва цогидал росабалъ авар мацӏалъул дарсалги кьун, гьес дир эбелалда абун буго гьал рахчун какал рай чӏалгӏанин жинда, гьединлъидал учительлъи тезе бугилан.\nРосулъе, колхозалъул председателасул заместительлъун, вачӏана эмен. Амма бащдаб лъагӏалицацин гьабичӏо гьес гьеб, хӏакимлъи бокьичӏого. Хадув бригадирлъунги вукӏана. Хъутаналде ун, хӏалтӏана колхозалъул паромалда, складалда ва цогидал бакӏазда.\nИнсуца гьитӏинго малъана нижеда Къуръан цӏализе. Инкъилаб ккун хадуб гӏезегӏан бусурбабаз рахъкколеб букӏана большевиказул – бечедал чагӏазул зулмуги букӏунха доб заманалда. Гьедин, 1925 соналда, эменги лъугьун вукӏана большевиказул партиялде. Гӏажамалъ гьес хъварал протоколал ратана дида рокъор. Хадуб мухӏканлъи эбелалда цӏехедал, инсуца партиялда дагьаб мех гурони бачӏин бицана гьелъ – лъицаяли гӏарз гьабун буго гьес какал ралилан. Райкомалдеги ахӏун, инсуда лъазабун буго какал раялдалъун гьес партиялъул устав хвезабулеб бугилан. Гьедин батани, жинда нужер устав цӏунизе кӏоларинги абун, инсуца гьениса нух босун буго.\n— Эмен учительлъун вукӏиналъ, школалда цӏалиги цебетӏураб букӏун батила дур.\n— Байбихьул классазда дир рукӏана лъикӏал учительзаби. Хадусел классазда гьел хъачӏал ккана ва дун 8 классалде Хъаладухъе (Гӏарани) ана цӏализе, 9 классалде – Гьоцӏалъе, анцӏабилелде — Хунзахъе.\nПалхӏасил, школа лъикӏал къиматаздалъун лъугӏизабичӏо. Гьединлъидал инсуца колхозалда цӏулал устарлъи гьабизе тӏамун вукӏана. Хадув армиялде ана. Гьениса вуссиндал, Хунзахъ бухгалтерлъи гьабуна, военкоматалда хӏалтӏана.\nГьелдаса щуго-анлъго сон индал, цо лъикӏав гьудулас абуна бегӏераб пикруялъул чиги вугин мун, цӏализе бажаричӏевилан дудаса загӏипал чагӏаз гӏад-хочӏги гьавун вукӏиналдаса, цӏализе щай унаревилан. Гьес куркьбалги гъун, пединституталде, къватӏисел улкабазул мацӏазул факультеталде лъугьана. Школалдаса лъикӏ цӏалана гьенив.\nИнсуца малъулеб букӏараб гӏараб мацӏ щвалде щун лъазаби букӏунаан дир мурад. Амма хехго гьевги хун (63 сон байдал), гӏагалун хутӏана гьеб. Батӏи-батӏиял гӏалимзабазда аскӏове ун, гьикъулаан лъалареб жо. Гьезулин абуни цо кӏудияб гъира букӏунароан гьеб малъизе. Жидедаса мацӏ гьабилин хӏинкъун рукӏун ратила – репрессиял гьарун, гьездаса цебесеб гӏелалъе гӏезегӏан гӏакъуба кьедал. Гьелъ дун, Москваялдаса заказ гьарун гӏурусгун гӏараб словарьгун ва гӏараб мацӏалъул цӏалул тӏехьгун, лъугьун вукӏана мацӏ лъазабизе. Амма кутакалда захӏмалъулеб букӏана.\nГьоцӏалъ вукӏана дир инсуда цадахъ рагъда вукӏарав, тӏарикъаталъул устар — Гӏабдулмажидов Мухӏамад. Гьесги абун букӏана дуца гӏараб мацӏ лъазабейила, дуе гьеб къваригӏине бугилан. Амма пединституталда (гӏарабги букӏинчӏого) ингилис мацӏ лъазабуна. Цинги 23 соналъ нижерго росдал школалда хӏалтӏана учительлъун, завучлъун ва директорлъун.\nЦо къоялъ районалдасан хабар бачӏана «Росдал захӏматчи» газеталъе редакторлъи гьабиларищин абун. Дора рахъулел рукӏарал дир макъалаби рекӏее гӏун руго дозие. Кигӏан школа бокьулеб букӏаниги, бачӏинахъего разилъана. Гьелдаса цебе «Лачен» журналалъул редакторлъун Махӏачхъалаялдеги ахӏулев вукӏана Расул Хӏамзатовас, амма цӏалдохъаби рехун тезе кӏоларин, инкар гьабун букӏана. Амма цӏакъ захӏматаб хӏалтӏи букӏана доб. Цониги лъимералъухъа гъалмагъир ккани, росдацаго гӏайибги гьабулаан директорасде.\nРайгазеталъул редакторлъун тӏамуна демократия байбихьараб 1991 соналда. Ункъо соналъ гьабуна дица гьеб. Рагӏуе эркенлъи гуребги, хъвадарун гӏезегӏан гӏарацги щолаан. Хъулухъчагӏазе бокьарабги хъван, диего бигьалъи тӏалаб гьабулевищ дун вукӏинев яги халкъалъул мурадал цӏунизейищ лъугьинев абун суал лъуна дица дидаго цебе. Кӏиабилеб тӏаса бищана. Битӏун диналъе эркенлъи кьураб мехги букӏун, исламалде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе байбихьана. Гьелъие гӏоло «Рузманкъоялъул вагӏза» абураб гьумерги биччалаан. Гьеб данде кколароан райкомалъул чагӏазе. Хӏакимзаби лъугьана тӏадецуял гьаризе, дуца жал суриза- рулел ругин — гьез гьабураб бикъахъамиялъул хӏакъалъулъ рачӏарал материал гӏодор лъун толароан дица. Ахиралда гьез дие хӏинкъаби кьезе байбихьана. Дицаги гьез абуабураб жо газеталда бахъана, гьедин халкъалъ дир рахъги ккуна. Батӏи-батӏиял районаздаса чагӏицин хъвадарана баркала кьун. Хадуб хӏакимзабаз дун тана.\nУнкъо соналдасан къисматалъ Махӏачхъалаялде вачана. Гьелъие гӏиллалъун ккана Хунзахъ мадрасалда лъималазе дарсал кьезе Египеталдаса гӏарабав вачӏин. Тӏубараб районалда дун гурони ватичӏо гьесда, тӏаса-масаго бугониги, гӏарабалъ кӏалъазе бажарулев чи. Лъазехъин бугин дида гӏараб мацӏ абураб божилъи бижизабуна гьев чияс дилъ. Гочун шагьаралдегун, пединституталда гӏараб мацӏалъул кафедраялде хӏалтӏизе лъугьана. Гьениб дида тӏадкъана «Методика преподавания арабского языка» абураб лекция цӏализе. Дагьалъ чӏун студенталгун цадахъ Сириялде экскурсиялъ арав чи, дун хадувккун дова лъагӏалица цӏализеги ана, Сириялда чӏарав нилъерго гьаниса чияс кумекги гьабун. Гьениса тӏад вуссиндал байбихьана пединституталда гӏараб мацӏ малъизе. Гьеб мехалда киналго лекциялги данде гьарун, гӏараб мацӏ лъазабиялъул тӏахьалги (самоучителал) къватӏире риччана.\nГӏумрудул 70 сон тӏубайдал, институталдаса нахъе ана. Гьенив хӏалтӏулеб заманалда цадахъго дица тӏуразарулаан теологиялъул институталъул ректор Макъсуд Садикъовасул заместителасул ва ингилисгун гӏараб мацӏазул учителасул хъулухъалги.\nГьанже хӏалтӏулев вуго цо хасал чагӏи бетӏергьанаб школалда – гӏараб мацӏ кьолел учительзабазе кумек гьабула лъималазда гьеб предмет малъизе. Пединституталда лекциял цӏалулеб мехалдаго букӏараб анищ ккола гьеб – школлъималазда гӏараб мацӏ малъи. Амма цӏалул тӏахьал гьечӏилан изну кьолароан гьелъие. Гьа, гьедин батаниян, рахъана дица гьел. Рахъун хадурги, дандечӏей бихьизабуна. Цо министрас байбихьуда куркьбал гъуна дида жин- ца квербакъилин тӏахьал цӏалул планалда Москваялдасан тасдикъ гьаризеян. Амма анкьидаса гьес жинцаго щибаб школалдеги ОНОялдеги кагътал хъван ратана гӏараб мацӏ малъизе лъугьани, нужер аттестатал хӏакъикъияллъун рикӏкӏине гьечӏилан. Гӏемер мехго иналде гьев министр хӏалтӏудаса нахъе вахъана.\nКин кканиги, Аллагьасул кумекалдалъун, 10 классалде щвезегӏан цӏалдохъабазе гӏараб мацӏалъул тӏахьал рахъана. Цо заманалда гьез- даса пайда босулебги букӏана. Амма тӏубанго гьеб суал роцӏцӏинабизе квалквал гьабуна гӏараб хӏарпакьа хӏинкъарал цо-цо хъулухъчагӏаз.\nМагӏарул мацӏ кьеялъулги буго гъобго ахӏвал-хӏал. Цо чияс абуна дида магӏарул мацӏ лъазабизе лъугьин бугила газалдаса инкарги гьабун, тӏинцӏи бухӏизе лъугьин гӏадаб жо.\nМацӏ цӏуниялъе ресал ралагьулел руго гьанже гӏемерисел. Амма гьелъул буго чанго батӏияб дара- жа. Магӏарул мацӏ цӏунун хутӏула гьеб мацӏалда хъвалеб прозаги, кучӏдулги, гӏелмиял хӏалтӏабиги ругони, гъоб цӏалулел ва гъолъие къимат кьолел чагӏиги ругони.\n— Амма глобализациялъ тӏад тӏенкел чӏвачӏого теладайха гьелда…\n— Глобализация абураб жо буго кӏудияб ахӏмакълъи. Щай абуни кинавго чи цоцада релълъинавизе бегьуларо. Лъугьунаро магӏаруласул гӏурус чи.\n— Шамил, дуцаго мунго щивлъун рикӏкӏунев: мугӏалимлъунищ, журналистлъунищ, шагӏирлъунищ?\n— Мугӏалимлъун, насихӏатчилъун. Бокьулареб хӏалтӏи киданиги гьабизе ккечӏолъиялъ кутакалда талихӏав чилъун рикӏкӏуна дица. Цо-цо чи вукӏуна гӏумруялъ цо ишалда тӏадги чӏун, гьелъул хӏасил ккезабулев. Дирин абуни вахъинчӏо я кандидат, яги доктор, щвечӏо цӏарал. Гьединлъидал дун вуго мугӏалим, насихӏатчи. Дун гьевлъун вукӏана учительлъун вугеб заманалдаги, райгазеталда хӏалтӏулеб мехалдаги, гьевлъун вуго хъвалел кучӏдузулъ. Къотӏносан унаго чанги чияс бачуна дир квер мун жиндир учитель вукӏанин абун. Дица гӏемер батӏи-батӏиял бакӏазда кьуна дарсал, цӏалана лекциял (педуниверситеталда, теологияб институталда). Хунзахъ мадрасаги рагьун букӏана дица. Палхӏасил, гӏумруялъ учительлъун хутӏана.\nАмма гьанже цо-цояз дида публицист-журналистилан, поэтилан, цӏалул тӏахьазул авторилан абула. Масала, ахираб кӏиго-лъабго соналда жаниб кечӏ хъвачӏеб цониги къо гьечӏо дир. Цере дица гьел цо сунцаниги, лъицаниги гьабураб асар сабаблъун хъвалел рукӏун ратани, гьанже хъвала гӏумрудул хӏалбихьиялъул насихӏатал хӏисабалда. Цо-цо политикаги жубалаха гъорлъе. «Къулуге» абураб кечӏ букӏана хъван (кколареб бакӏалда хӏелхӏедуге абураб магӏнаялда). Гӏемерисезе бокьана гьеб.\n— Гьанже поэтал цӏакъго гӏемерлъун руго. Амма Расулил, Фазул гӏадаб даражаялъул поэтал гьечӏо.\n— Гьединаб даражаялъул поэтал гурилан, тӏубанго гьезда тӏасан хӏучч цӏазе рекъон гьечӏо. Чиясул ракӏ бекизабизе бегьуларо. Ругезулги къимат гьабулеб гьечӏо гьанже. Дица дагьалъ цебе тӏаса бетӏер босичӏого цӏалана Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовасул «Азаралда цоабилев асир» абураб тӏехь. Чачаналда ккараб рагъул хӏакъалъулъ хъван буго гьеб. Бищун лъикӏав гӏурус хъвадарухъанасулалда бащадаб гьунаралдалъун хъван буго. Амма цӏикӏкӏун чиясда рагӏарабищ гьеб асар, букӏине кколеб куцалда къимат живго хъвадарухъанасулги гьабулеб бугищ?\n— Гӏабдулхӏалимов советияб заманалдасаго цӏар бугев хъвадарухъан вукӏана. Амма гьанже щивав кӏиабилев чи лъугьун вуго кучӏдул хъвазе, тӏахьал рахъизе. Гьеб лъикӏищ яги квешищ?\n— Кучӏдул хъвазеян рахъинарищха, жибго магӏарул мацӏго кколелъул поэзия. Гьезул гӏемерисезул мурад буго лъиде кечӏ хъван батаниги, гьев вохизави, гьесул рекӏее рахӏат гьаби. Хӏакъикъаталда абуни, кочӏолъ хӏажалъула сипатал гьари. Масала, Чӏанкӏаца хъвалеб буго:\nБадий балагьани, гьецӏо биуна,\nГьимун мун кӏалъани, лъим бакъван ккола,\nКӏалзул жугьабазул жаваб рагӏани,\nУргьиб бугеб лъимер данде кӏалъала.\nПоэтлъун вахъине ккани, гӏемераб жо бихьизеги лъазеги, дунялалъул поэзия цӏализе ва гьеб бичӏчӏизе ккола, къваригӏуна тӏадегӏанаб лъай (чӏалгӏаде гурелъул Литературияб институт лъугӏизабулеб).\nПуланав чи поэтищ, гуревищали къимат кьезе ккола критикас – кочӏол байбихьиги, ахирги, хӏасилги, кульминацияги бугищгьечӏищали чӏезабула гьес. Амма гьедин гьезда лъицаниги абуларо. Гӏицӏго Мухӏамад Бисавгӏалиевасда абизе бегьула литературияв критикилан. Амма гьесги къанагӏат гурони кьоларо къимат. Гьединлъидал хъвара-хъварал кучӏдул реццулел хутӏун руго нилъ. Кӏурулеб гьечӏони, гъотӏол хъарахъ лъугьуна.\n— Бакьайчӏи гуманитариял цӏикӏкӏун ругин ккола дида.\n— Бакьайчӏи кидаго гӏемер рукӏана гӏухьбиги мутагӏилзабиги. Бицен буго гьезул дагӏбаги букӏунаанин цоцалъ.\nХӏакъикъаталдаги машгьурал гӏухьби Бакьайчӏиялдаса гӏемер кирниги рукӏинчӏин абизе бегьула. Гьединго мутагӏилзабигиха. Анцӏго профессор магӏарул чан росулъ вугев? Масала, пединституталъул ректорлъун вукӏарав Ахӏмад Мухӏамадов, археолог Мурад Мухӏамадов, «Питательные среды» НППялъул гендиректорлъун вукӏарав Мухӏамад Мажидов ва цогидал. Гьединго 70-гӏанасев гӏелмияв кандидат вуго нижер росулъ. Исламиял гӏалимзабиги гьедигӏанасебго къадаралъул рукӏун руго. Бакьайчӏиса гӏалимчи Шахша-къади вукӏана Аваристаналъул муфтилъун. Гьабсагӏатги нахъе цӏунун хутӏун буго кӏуди-кӏудиял гӏалимзабазул букӏараб щуго-анлъго библиотека.\nЦебехун поэзиялъул бицунел рукӏиндал, Бакьайчӏи гьабсагӏаталда вуго гӏезегӏан лъикӏ кучӏдул хъва- лев 70-ниги чи. Ругониги щиб, гьезда нуж ругилан абулеб гьечӏелъул. Масала, гьезда гьоркьов вуго химиялъул учитель, Гӏумарил Мухӏамад. Гьес кучӏдул цӏалулеб мехалда дида Есенин цеве чӏола. Амма кигӏан абуниги, гьес бахъичӏоха жиндирго кучӏдузул тӏехь. Гьединго рахъичӏо цогидазги.\n— Дулъ динияб рахъищ цӏикӏкӏун бугеб, светиябищ?\n— Дица гьеб кӏиябго батӏа гьабуларо. Аллагьас бижараб гурони диниябги букӏунаро, гьединаб гурони светиябги гьечӏо. Светияб дунялалда гӏумру гьабизе малъула динияб рахъалъ.\nЦо-цо чагӏаз динияб гуреб гӏелму къабул гьабуларо. Амма гьеб мекъи буго, дир хӏисабалда. Масала, щвалде щун жиндирго гӏелму лъалев химикас гьединго щвалде щун исламияб динги гьабулеб бугони, гьев чиги Аллагьасул нухда вугев вали ккола. Аллагьасе какалги ран, динияб гӏелмуги лъазабун, къватӏибе бер баккичӏого, рокъов жанив чӏарав чиясул хӏакъалъулъ гьадин бицен рагӏун букӏана дида. Гьев чи Аллагьасде гӏагарав чи ватилинхаян абун бугила гӏадамаз Мухӏамад аварагасда. Цинги гьесие квен лъица кьолебин аварагас гьикъидал, вацасин бицун буго гӏадамаз. Гьеле гьев гӏагарав вугин Аллагьасдеян жаваб кьола Мухӏамад аварагас.\nГьединлъидал лъикӏлъи гьабизе нигат бугев ва жиндиего бокьулареб жо чияеги гьабуларев вуго динияв чи.\nГара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ."}
{"slug": "18930-zhamagiat-g-unkaral-ub-rosu-tiegala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18930-zhamagiat-g-unkaral-ub-rosu-tiegala", "title": "Жамагӏат гъункаралъуб росу тӏегьала", "date": "2022-07-14 11:52:08", "categories": ["magiarukh"], "text": "Туристаз хӏетӏе чӏечӏеб росу къанагӏатги батиларо жакъа магӏарухъ. Гьездаса мисал босун нилъгоги хьвадизе байбихьана тарихиял бакӏазде, тӏабигӏаталде. Цебе цоцазде тӏаде-гъоркье хьвади цӏикӏкӏун букӏаралъул, гьобол-гьудул камураб росуги букӏунароан. Гьанжесеб гӏелалда росабазул хӏакъалъулъ лъалеб жого батуларо. Гьединлъидал нижер пикру ккана жеги цӏикӏкӏун магӏарул росабалъе сапарал рухьине ва щибаб росдал хӏакъалъулъ нужееги бицине. Жакъа хӏалбихьилин Болъихъ районалъул Рахатӏа росдал сипат-сурат рагьизе.\nРорхатал мугӏруз сверун къараб, лъарал рагӏалда гьарзаго гӏезарурал пихъил гъутӏбуз берцин гьабураб, гьайбатаб тӏабигӏаталъул бакӏ буго Рахатӏа. Гӏадамалги руго гьенир сабурал, хӏалтӏул гурони мацӏ лъаларел. Рахатӏа гӏумру гьабулеб буго гӏага-шагарго 3500 чияс. Цогидал росабазул гӏадамал гӏадин, рахӏатаб гӏумруялда хадур шагьаразде гӏемер гочунаро гьезул гӏолилал. Аслияб къагӏидаялъ ах-хуралъул хӏалтӏаби гьарун, боцӏи хьихьун бетӏербахъи гьабулеб буго гьез.\nРахатӏа абураб цӏар бачӏана «рахи» абураб рагӏудаса. Гьанже росу бугеб бакӏалда ризаб рохь букӏун буго. Росуцояз рохь къотӏун, минаялда тӏад базе рахи (чӏалу) гьабулеб букӏун буго. Гьедин лъугьун буго Рахида абураб цӏар ва нахъа Рахатӏаялде сверунги буго.\nБиценалда рекъон, Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Узденбегил вас Кӏудияв Гӏалимухӏамад вачӏун вуго гьанже Рахатӏа росу бугеб бакӏалде яшав гьабизе. Ва тӏоцебесеб минаги гьес бан буго. Уздалросулъги руго Гӏалимухӏамадил тухумалъул чагӏи.\nРосу цебетӏезабураб махщел\nРосдал гӏадамал хӏалтӏудалъун хьезарураб, умумуз хазиналъун наслабахъе кьураб махщалил, республикаялдаго цӏар араб буртабазул артельги буго гьениб жакъаги. «8 март» абун цӏар лъураб гьеб артель рагьана 1924 соналда. Гьелъул тӏоцевесев председательлъун вукӏана Тӏандо росулъа Жамалудин Мутаев. Гьеб заманалда, артелалъул хӏалтӏухъабазул лъималазе, росулъ рагьана лъималазул ахги. Артелалъул станокалги цогидаб къайиги хӏалтӏизабизе ккани ток хӏажат букӏана. Гьеб суалгун Жамалудиница хитӏаб гьабула Гӏабдурахӏман Данияловасде. Гьеб иш бажарулеб жо гурин Данияловас абидал, Москваялдеги ун, специалистги вачун вачӏун вуго Мутаев.\n1934 соналда, мугӏрузул районалда тӏоцебесеб гьитӏинаб электростанция бана Гӏашино росдада аскӏоб. Магӏарухъ тӏоцебе ток бачана Рахатӏе.\nАртелалда буртаби гурелги, халичабиги, бусадул къайи-къоноги, турталги, арбабашалги гьарулаан. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда артелалда хьухьун квасул гурдал, щватаби, квердахелал гьарулаан. Гьеб гуребги, фронталъе кумек гьабун, 15000 буртина битӏана рахалаз.\nРосулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде арав 44 чиясда гьоркьоса 17-яв тӏад вуссана. 27-яс рухӏ кьуна ватӏаналъе гӏоло.\n1932 соналда росулъ рагьана ункъо классалъул школа — ликпункт. 1936 соналда — байбихьул школа. 1947-1952 соназда — анкьго классалъулаб ва 1975 соналда гьеб гьабуна гьоркьохъеблъун. 2017 соналда школаги бухӏун, артелалъул минаялде кӏиго сменаялъ хьвадизе кколаан цӏалдохъаби. Исана, рахалазул цӏалдохъабазе цӏияб цӏалул сон байбихьизе буго цӏибараб школалда.\n15 гьобо\nГьайбатаб тӏабигӏат ва гӏадатияб махщел гуребги, лъабго лъел гьобоги буго росулъ. Хӏурият ккезегӏанго, росулъ букӏана 15 гьобо. Советияб заманалда гьел хӏалтӏизарулаан колхозалъ.\nДРялъул финансазул министр, росуцояв Юнус Сагӏадуевасул хӏаракаталдалъун, 2000 соналда къачӏана 200 сон бараб гьобо. Советияб заманалдаги хӏалтӏулеб букӏараб гьелъул, чӏунтун, кьучӏда лъурал ганчӏал хутӏун рукӏана. Росулъе рачӏарал гьалбадерил бер тӏаде цӏалеб хӏалалъ къачӏанги буго гьеб. Гьабида цебе ордеказ ва хъазаз берцин гьабураб гьитӏинабго хӏавузги буго. Хӏориниб масакӏ ва осетр ччугӏаги гӏезабула.\nАхирал соназда гьобо хӏалтӏизабулеб буго Гъайирбег Гъайирбеговасул хъизамалъ.\n— Шагьаразда гьобо хӏалтӏула токалъул кумекалдалъун, хьонги газалда барсула. Магӏарухъин абуни гьеб лъеда хӏалтӏула ва цӏаги цӏулада бакула. Хьонги гьаниб цӏулада цӏаги бакун барсула. Лъеда хӏалтӏулеб гьабихъ ххенараб урбадулги ханждалги пайдаги цӏикӏкӏараб букӏуна», — ян бицана гьабигьанасул вас Мухӏамадица.\nУмумузул нухдасан\n1939 соналда гӏуцӏана росулъ Сталинил цӏаралда колхоз. Радал рогьалил как балелде мугӏрузде ун херги баччун тӏад руссунаан. Рокъобе магьги рехун, хадур артелалде хӏалтӏизеги унаан руччаби. Росу гӏуцӏаралдаса нахъе кверда махщел бугел гӏемерал устарзаби рукӏун руго гьенир. Жидерго гьеб махщалияб ирс наслабазухъе кьун щибаб рокъов вукӏунаан устар. 1950-1960 соназда росулъ хӏалтӏулеб букӏана тӏингъал, хьитал гьарулеб «Дабгъил рукъги». Гьанжейин абуни, кверзул мах- щел хӏалтӏизабулел чагӏи гӏемер гьечӏо. Гьелъие гӏиллаги батила, магӏишат гьабиялъул къагӏида би- гьалъун букӏин. Чӏахӏиял гӏадамаз бицухъе, бекьулеб ракь цебе цӏакъ къиматалда букӏана. Хӏатта, хурах гьабизе чӏегӏерракьцин, бакӏбакӏаздаса оцазул гьокоялъ, руччабаз мугъалъ баччулеб букӏун буго. Боцӏи-панзалъе пайда босизе, хер бижулеб бакӏги жибго тун, къадараб, хъитӏахараб бакӏалде унел рукӏана гӏадамал минаби разе. Гьединлъидал, росдал басриял авалазул минаби руго кьураби-хъитӏал гӏемерал бакӏазда.\nЛъикӏлъи гӏадада холаро\nКӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏидал, къватӏахъ хутӏана гӏемерал лъимал. Гьеб заманалда бакӏ-бакӏазда рагьана лъималазул ахал ва школа-интернатал. 1947 соналда Лъималазул рукъ рагьана Рахатӏаги. Гьелъул директорлъун тӏамуна Болъихъа Гӏусманов Шарапудин. Тӏалаб-агъаз гьабизе чи гьечӏел лъималазул къадарги соналдаса-соналде дагьлъун, 1968 соналъ къана гьеб. Гьенир хутӏарал дагьалго лъимал ритӏана Гъунире.\nГӏумарасхӏаб Мухӏамадовас бицана, доб заманалда Рахатӏа, лъималазул рокъор, гӏумру гьабун рукӏаразул цо-цояз гьанжеги жидер гӏадамазе баркала кьолин абун.\n— 1999 соналда, рагъ ккедал, нижер гӏадамал Каспийскиялде гочун рукӏана. Нужее кумек гьабизе вачӏун вугин живиланги абун, цо гӏирисев чи вачӏана нижехъе. Рахатӏа детдомалда вукӏун вуго гьев. Щиб лъикӏлъигӏаги дуе рахалаз гьабун букӏарабин гьикъидал, гьес бицана, гьел гӏадинал ракӏ лъикӏал гӏадамал жинда дандчӏвачӏин. Детдомалда гӏумру гьабун жив вугеб мехалда, рузман сордоялъ панкъалги гьарун рачӏунел рукӏанила руччаби. Щибаб рузман сордоялъги лъималазе бикьизе квенги босун рачӏунаанила гьел.\nГьебго заманалда гӏахьвалавги вачӏана, нижее кумек гьабизеян абун. Гьевги нижер росулъ гӏурав чи вукӏун вуго. Щуго рукъ бугеб жиндирго квартира кьуна гьес нижер гӏадамазухъе, — ян бицана Гӏ. Мухӏамадовас.\nЦо хъизам кинигин\nКъватӏисел улкабаздаса бачӏараб ретӏа-къаялъул ва рукӏа-рахъиналъул къагӏидаги культураги кина- зего гӏаммаблъун лъугьараб гьаб заманалда, росабалъцин захӏмалъулеб буго маданиятги мацӏги цӏунизе. Жидерго наслаби кьибил къотӏараб гъветӏлъун хутӏиларедухъ, умумузул махщалилаб ва рухӏияб ирс цӏунизе цӏакъ хӏаракат бахъулеб буго рахалаз. Гьезул хӏаракат бихьула диниял, рахьдал мацӏ цӏуниялъул, миллаталъул хъвадарухъабазул хӏурматалда тӏоритӏулел тадбира- зулъ. Гьединаб хӏалтӏиги цебетӏола гьелъие махщел бугел церехъабазул ва жамагӏатчагӏазул кумекалдалъун. Гьел тадбиразул гӏуцӏарухъан ва цеехъанин абуни ккола авар мацӏалъул мугӏалим Патӏимат Мухӏамадзагьидова. Магӏарул мацӏалъул бечелъиги дуруслъиги цӏалдохъабазул ракӏазулъ накъищлъун бикӏулеб буго гьелъ. Рахьдал мацӏ, гӏадатал ва махщел наслабазе цӏуниялъеги гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго. Гьайгьай, цо чияс гьабун гьединаб хӏалтӏи цебе унаро, росдал жамагӏаталъул гъункиги, цоцазде адабги букӏинчӏебани. Дагьаб цебе Рахатӏа росулъ тӏобитӏана накъшубандияб ва шазалияб тӏарикъатазул шайих, мунагьал чураяв Мансурил Мухӏамад-апандил цӏаралда кӏудияб мажгит рагьиялъул хӏурматалда республикаялъулаб мажлис. Гӏемерал чагӏи данделъараб тадбиралде квен-тӏех, мажгит ва къватӏал рацӏцӏиялъул хӏалтӏаби гьаруна росдалго руччабаз. Гӏуцӏарухъанлъиялъул хӏалтӏаби тӏаде росана гӏолохъабаз. Шамил Мухӏамадов, Мухӏамад Гӏабдулкеримов, бегавул Мухӏамад Сахратулаев ва цогидазги свак гьечӏого нухда бачана кири цӏикӏкӏараб иш.\nРосдае хӏажатал бакӏал ралелъул кидаго кумек гьабула Юнус Сагӏадуевасги рес бугел росуцоязги.\nРахалазул ирсилал\nГьел къояздаго Патӏиматил нухмалъиялда гъоркь, Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда, кӏудияб тадбирги тӏобитӏана. Магӏарул чӏужугӏаданалъул къадру борхат гьабулеб хъахӏаб гормендоги чӏван, росдал руччаби цере рахъана тадбир берцин гьабизе. Умумузул махщалил ирслъун хутӏарал буртабиги ретӏун, кьер гьабун къватӏире рахъа- рал гӏолилазги къалъизабун букӏана сверухълъи…\nПатӏимат Патхӏулаевнаялъ, цӏалдохъабигун ва ишцоялгун цадахъ, щибаб санайил кӏодо гьабула рахьдал мацӏазул къоги. Мацӏ гьечӏони миллат гьечӏо, миллат гьечӏони, гьечӏо маданиятги хаслъиги. Гӏолеб гӏелалъе тарбия кьолелъул умумузул махщелги, мацӏги, лъикӏал гӏадаталги малъизе хӏаракат бахъула рахалаз. Гьеб бихьулеб буго щибаб соналъ школаги росдал жамагӏаталъул церехъабиги гӏахьаллъун тӏобитӏулеб «Рахалазул ирсилал» абураб мацӏги маданиятги цӏуниялъул тадбиралдасанги.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "18932-khiikmal-abazul-dunyalalde-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18932-khiikmal-abazul-dunyalalde-sapar", "title": "Хӏикмалъабазул дунялалде сапар", "date": "2022-07-14 12:07:43", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Москваялда бугеб рахьдал мацӏазул федералияб институталъ санайил лъазарула рахьдал мацӏал церетӏезариялъул мурадалда батӏи-батӏиял конкурсал. Тӏобитӏана гьединаб конкурс исанаги. Тӏолгороссиялъул гьеб конкурсалъул «Рахьдал мацӏалъул кумекалдалъун – хӏикмалъабазул дунялалде» абураб номинациялда гӏахьаллъарай дие регионалияб этапалда щвана тӏоцебесеб бакӏ. Хӏалтӏи битӏун букӏана федералияб этапалде. Гье- ний дун яхъана лауреатлъун. Дидаго цадахъ Москваялде шапакъатал кьезе ахӏун рукӏана цоги батӏияб номинациялда регионалияб этапалда бергьарал Махӏачхъалаялъул №42 школалъул дарги мацӏалъул учитель Зубайда Хӏусейнова, авар мацӏалъул учитель Алжанат Мухӏамадова ва Хасавюрт районалъул Цӏияб Костек росулъа Пирдавус Гӏалиева.\nГьезул букӏана цадахъаб проект. Ва Дагъистаналдаса учительзабазе щвана тӏоцебесеб бакӏ. Гьединго нижер цадахъаб церерахъиналъе тӏадегӏанаб къимат кьуна конкурс гӏуцӏараз. Гӏолохъанал учительзабаздаги абилаан дица гьединал тадбиразда гӏахьаллъейилан. Гьездаса гӏемераб пайда букӏуна хӏалтӏулъ. Баркула ишцоязда тӏадегӏанаб бергьанлъи ва гьарула хӏалтӏулъ бергьенлъаби.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "18933-tsiumaze-bokula-zodil-borkhal-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=18933-tsiumaze-bokula-zodil-borkhal-i", "title": "Цӏумазе бокьула зодил борхалъи…", "date": "2022-07-14 12:16:07", "categories": ["kultur"], "text": "Дунги, гӏолохъанав магӏарул поэт,\nРикӏкӏаде воржине хӏинкъун вукӏана,\nХӏал лъалареб барти лъалхъилин хӏинкъун,\nХӏалихьатав гьудул велъилин абун.\nХӏ. ГЪАЗИМИРЗАЕВ\nАраб анкьалда Махӏачхъалаялда Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана машгьурав шагӏир Хӏажи Гъазимирзаев гьавуралдаса 95 сон тӏубаялъе сайгъат гьабураб тадбир.\nИргадулаб нухалдаги данделъана магӏарулал миллияб адабияталъул гъасде. Гьаб нухалда – жиндир гӏемерисел кучӏдул сариназде сверарав Хӏажил шигӏрияб дунялалде. Гьекъон къеч хьваларел гьесул шигӏрабазул иццул гьацӏул тӏагӏамалъул лъим цоги нухалда гьекъезе.\nДандеруссин байбихьана «Рилълъа, ясал, магӏарде» абураб махсародул кочӏодасан. Цинги киназго цадахъ ахӏана «Мугӏрул вехьасул кечӏги».\n— Бокьулеб мугӏрул халкъ, нужер божелгун\nДун кочӏол ралъдалъе гъорлъе лъугьина.\nГъанкъулев вугони, данде квер бегье,\nРагӏалда вихьани, гъорлъегӏан рехе.\nАмма шагӏирас шигӏрияб ахикь чӏараб тӏоцебесеб гъотӏол пихъ цӏакъго тӏагӏамлъана халкъалъе. Гьеб гъветӏалъ кьалбал риччана магӏарулазул пикрабазулъе. Жакъаги гьалделеб буго Хӏажил шигӏрияб улка. Гьенире гьоболлъи бана магӏарул машгьурал кочӏохъабаз, гьез ирсалъе кьуна магӏарул жакъасел кочӏохъабазухъеги Хӏажил кочӏоде бугеб хӏасратаб рокьи.\nКӏалъазе рахъарал Шамил Мухӏидиновас, Мухӏамад Мухӏамадовас, Гӏайшат Гӏалиевалъ, Гӏайшат Малачиевалъ, Париза Гереевалъ, Баху Мухӏидиновалъ, Закария-хӏажи Хамаговас бицана жидеего Хӏажил асараз гьабулеб асаралъул хӏакъалъулъ. Цӏалана гьесул кучӏдул.\nТадбиралде рачӏаразги кӏудияб гӏахьаллъи гьабуна. Щивасе бокьун букӏана шагӏирасул кучӏдул цӏализе ва жидерго гьесул шигӏрабазде бугеб рокьи загьир гьабизе.\nКучӏдул цӏалана газеталъул хӏалтӏухъаби Ашахан Юсуповас, Мухӏамад Манаповас, шагӏирзаби Тӏагьират Жаватхановалъ, Рукъият Асадулаевалъ, Гӏарада гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз ва гьелгун цадахъ байрамалде ячӏун йикӏарай гьеб школалъул учитель Асият Хӏусеновалъ ва цогидалги гьалбадерица.\nДандеруссиналъе хасаб берцинлъи кьун букӏана Гъазимирзаевасул рагӏабазда кучӏдул ахӏарал Чаран Султӏанбеговасул, Хӏажи Ахӏмадовасул, Даку Хӏажиевасул, Ахӏсарат Хӏайбулаевалъул, Умакусум Мухӏамадовазул церерахъиназ.\nГьединго дандеруссиналда гӏахьаллъизе ячӏун йикӏана Хунзахъ районалъул лъай кьеялъул управ- лениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатоваги.\nДанделъиялъул байбихьуда Хӏажи Гъазимирзаевасул гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ къокъаб баян кьуна библиотекаялъул гӏагараб ракь лъазабиялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртазагӏалиевалъ.\nГьебго отделалъул хӏалтӏухъан Патӏимат Хӏажиевалъ гӏуцӏун букӏана шагӏирасул тӏахьазул ва гьесул асарал рахъарал журналал-газетазул выставкаги.\nЛъугӏана Хӏажи Гъазимирзаевасул шигӏрабазе сайгъат гьабураб гьитӏинабго байрам. Амма абадиялъ лъугӏизе гьечӏо киназего вокьулев шагӏирасул кочӏол чвахи.\n— Поэтал мехтула рокьул мехтелалъ,\nУлкаялде бугеб гучаб гӏищкъуялъ,\nТӏолабго дунялги гьаб махлукъатги\nКаранде бачине бугеб хӏасраталъ…\nАвар поэзиялъул зодихъ цӏумлъун буго жакъаги Хӏажи Гӏазимирзаевасул шигӏру."}
{"slug": "19100-gieshderil-rokhob-rakhdal-matsial-ul-bajram", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19100-gieshderil-rokhob-rakhdal-matsial-ul-bajram", "title": "Гӏешдерил рохьоб рахьдал мацӏалъул байрам", "date": "2022-07-22 09:53:19", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Риидалил лагьиялъ сверун ккураб Махӏачхъалаги кӏиго къоялъ рехун тун, араб шамат къоялъ сапар бухьана Унсоколо районалде. 16-17-абилел къоязда Авар автономиялъул ва Магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъул хӏаракаталдалъун гьениб тӏобитӏана рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабазул руцӏцӏен. Лъагӏалица хӏадур гьабураб программагун, щибаб муниципалитеталъул вакилзаби цере рахъана гьенир. Ва тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Чӏарада районалъул къокъа. Кӏиабилел бакӏал щвана Хунзахъ, Лъаратӏа ва Хасавюрт районазул вакилзабазе. Лъабабилел бакӏал ккуна Шамилгун Болъихъ районаз ва Махӏачхъалаялъул мугӏалимзабазул къокъаялъ.\nИсана ункъабилеб нухалда тӏобитӏана гьеб дандеруссин. Амма гӏицӏго мугӏалимзабазул тад- биралъул даражаялдаса гьеб цебего анин абизе бегьула. Киналго магӏарулазул кочӏолгун ихтилаталъул байрамлъун лъугьана гьеб. Ва цоги нухалда гьеб якъинлъана арал гӏодоркъояз гьениб бихьаралъул хӏисаб гьабидал.\nГӏашилтӏа росда нахъа бугеб накӏкӏигъутӏбузул рохьил рацӏцӏалъуда данде ракӏарун рукӏана магӏарулал. Амма цин гьенире щвелелде, нухда бихьа-рагӏаралъул бицинчӏого гӏоларо.\nБечедаб тарихалъул ракь буго Унсоколо. Магӏарухълъиялъе бергьараб къисматалъул, гӏалам бахил гьабулеб гьунаралъул кӏиго имамги кьурав, инкъилабалъул цӏадуда сверухъ магӏарулал цолъизе гьавурав Махӏач Дахадаевги гӏезавураб, хьиндаллъиялъул пихъица бечедги гьабураб, цӏулада накъиш угьизе махщел бугел устарзабиги рахъараб магӏарухълъиялъул бокӏон.\nУнсоколо росдада аскӏосан, хъил тӏечӏеб чабхил нухдасан харун унеб букӏана нижер машина. Хьиндаллъиялъул росабалъ тӏад бан барщун бугоан ахбазан. Бакъвазе тӏохазда тӏибитӏараб гьелъ берцин гьабун букӏана сверухълъиго. Халатаб эхедерайги тун, Хъахӏабросулъе, Цӏатанихъе ва Иштӏибури росабалъе сверулеб бакӏалде щвана. Гъоркьа тӏаде бахунаго багӏарараб машинаги хӏухьбахъизе тун, гьогьен чӏвазе къватӏире рахъана. Гъоркьехун бихьулеб букӏана гьарзаго бижараб харица бацараб ансадерил мегъ. Рухъи-чӏарайги лъугӏун, рагьлихъ урхъун ругел цӏоросаролъил хурзал. Гӏемерисел росабалъ гьанже хурзал рекьуларин хъван букӏана нижецаги. Амма, Аллагьасе рецц, гьеб унти киналго росабалъе щун гьечӏо.\nТӏубанго рехун тун гьечӏо магӏарулаз умумузул яшав.\nГьединал пикрабазда щвана гӏешдерил рохьоре. Рогьалилъго къватӏире рахъарал гьенир паракъалъун ругоан. Ахӏулеб кочӏолги, бежулеб гьаналгун чадил махӏ букӏана сверухъ тӏибитӏун. Рохьоб, рахъ-рахъалда жидерго къайиги чӏван, бакун цӏагун, квен-тӏехалде руссун ругоан гӏемерисел. Бежулеб шашликӏалъул лазатаб махӏалъ ракъарал нижее лъикӏаб асарги гьабуна. Умумузул хъабал юккабиги ретӏун руччабиги, гӏарцул ханжар- рачел борчун, чухъа ретӏарал бихьиналги рихьулел рукӏана киса-кирего.\nРелъи-хъуй гьечӏого рохизе лъалел\nСагӏат 11-ялдехун рагьана тадбир. Щибаб мегӏералда, щибаб щобалда рагӏуледухъ саламги кьун, тадбиралде рачӏарал гьалбдериде хитӏаб гьабуна Унсоколо районалъул къокъаялъ. Магӏарул бакъаналда гъоркь кечӏги ахӏана, халкъиял шагӏирзабазул асаразулъа кочӏол мухъалги рикӏкӏана. Умумузул гӏадат-гӏамалалъул ва рукӏарахъиналъул бицунеб гьитӏинабго сценкаги бихьизабуна. Ахиралда, гӏертӏалгун сцена бакьулъе рачӏарал ясаз свериги бахъана.\nГьелдаса хадуб цо-цоккун цере рахъана щибаб муниципалитеталъул вакилзаби. Маркӏачӏул бер рукӏкӏинегӏан ахӏулеб кочӏолги, кьурдул бакъаналъги кверде босун букӏана гӏешдерил рохь. Сценаялдаса рагӏана церегоялдаса нахъе рагӏун букӏинчӏеб, чӏагояб гьаракьалъ ахӏулеб унго-унгояб магӏарул кечӏ. Жергъада кӏутӏулел килщаз бачана цебего кӏочон танин ккараб умумузул бакъан. Цин борхун, цин гӏодобцун бачунеб аргъаналъул гьаркьица каранда ракӏ цин гьалдезабуна, хадуб гӏодизе тӏамуна. Магӏарул пандрида гъоркь ахӏулеб кочӏол гьаракь рикӏкӏаде хъамулеб букӏана гьороца.\nМаркӏачӏул бер рукӏкӏунеб гӏуцжалъ сценаялде рахана Авар театралъул хӏалтӏухъаби. Гӏарип Расуловасул «Росулъ ккараб иш» абураб комедия бихьизабуна гьез.\nГьединаб букӏана рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабазул руцӏцӏеналъул ва магӏарулазул гӏаммаб байрамалъул тӏоцебесеб къо.\nХадуб букӏана гьогьомараб роол сордо, гӏурдада бакараб цӏа ва цӏа сверун ракӏарарал магӏарулал. Тӏанусиса булбул, Ахӏсарат Хӏайбулаевалъ хӏасратго ахӏулеб кечӏ, хундерил культураялъул управлениялъул хӏалтӏухъан Чаран Султӏанбеговас махщалида бачунеб бакъан. Цӏадуда бежулеб шашликӏ. Моцӏрол канлъиялъ берцин гьабураб сверухълъи.\nСордо рогьа дуца, гӏешдерил рохьоб…\nСордо рогьинегӏан къотӏичӏо кочӏол гьаракь. Рогьалил какдаса хадув кьижун ккарав дун ворчӏизавуна руччабазул релъи-хъуялъ. Сундул бицун релъулел гьел рукӏаралали лъаларо, амма цӏакъ аваданаб сурат бугоан радалго Махӏачхъалаялъул мугӏалимзабазул къокъачагӏазул горсверуда.\nБакъул чӏорал гьанжего гьанже мугӏрузда тӏад тӏиритӏулел рукӏана, дун къватӏиве щведал. Хъантӏун цӏалаго цӏияб гьавагун, рохь къотӏун цеве ана тира-сверизе. Огь, лазат цо магӏарул тӏабигӏаталъул. Бугеб жоялъул къимат гьабизе лъалебани, цӏакъал гӏадамал рукӏинаан нилъ. Гьадинаб гьайбатаб сверухълъиги тун, нахъруссуна машинабазул хъудиялъги хъублъараб гьаваялъги данде къан къварид гьабураб шагьаралде.\nЦоял квание хӏадурлъулел, цогидал макьил кеп босулел, лъабабилел — чехьатӏадеги рехун хабар-кӏалалда ругоан гӏадамал. Дагьаб добегӏан Гъизилюрталда гӏумру гьабун вугев Тӏелекьа Хӏабиб Мухӏамадовас ахӏулеб кочӏохъ гӏенеккун рукӏана цогидал. Хӏабибицайин абуни ахӏулеб букӏана Хъахӏабросулъа Махӏмудиде гьабураб кечӏ.\nИсана ункъабилеб нухалда тӏобитӏараб ва ункъабго соналъ гьелъие квербакъарай, цебехъанлъи гьабурай гӏадан ккола Баху Мухӏидинова. Магӏарулазда лъикӏго лъала гьелъул эмен Шамил Мухӏидиновги. Адабият бокьулез гъираялда къабул гьаруна ахирал соназда гьес хъварал кучӏдул. Инсул нухдаса тариларин, рахьдал мацӏ хвезе теларин абураб мурадгун кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго Бахуца.\nКӏалъазе рахъанщиназ кӏудияб къимат кьун дандеруссиналъе баркала загьир гьабуна магӏарулалги данде гьарун, тадбир гӏуцӏарай Мухӏидиновалъе. Масала, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас, гьесул заместителал Зикрула Ильясовас ва Пайзула Пайзулаевас, ДРялъул халкъиял шагӏирзаби Мухӏамад Ахӏмадовасгун Мухӏамад Хӏамзаевас ва жамгӏиялгун творческияб интеллегенциялъул церехъабаз. Гьелъие баркала кьуна Унсоко- ло районалъул нухмалъулев Гӏиса Нурмухӏамадовасги.\nКъалъудаса хадуб тӏобитӏана миллияб кванил конкурс. Щибаб районалъул вакилзабаз хӏадурун букӏана умумузул букӏараб тӏагӏам.\nБакъанидехун нахъеги байбихьана ихтилаталде. Ахӏана кучӏдул, кьурдана, рохана, релъана, цадахъ суратал рахъана.\nГьениса нахъе ине бокьуларого, нахъ-нахъруссун, гӏешдерил рохьоб жидерго саназул цо бутӏаги тун унел ругел гӏадин, къо-лъикӏ гьабуна магӏарулаз ансадерил ракьалъулгун.\nАшахан ЮСУПОВ, Гӏашилтӏа-Махӏачхъала"}
{"slug": "19102-giumruyal-bortsina-gel-ul-borkhal-i", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19102-giumruyal-bortsina-gel-ul-borkhal-i", "title": "Гӏумруялъ борцина гьелъул борхалъи", "date": "2022-07-22 09:59:05", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьал къоязда 60 сон тӏубала республикаялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏисаевас. Гьев ккола кӏудияб ракӏалъул сахаватав инсан. Мухӏамадил кумекалъулаб квералдалъун араб соналда «Хӏакъикъат» газеталъул подписка гӏурабго къадаралда цӏикӏкӏунги букӏана. Гӏагараб Хунзахъ районалъе гьес хъван букӏана 1000 газета. Гьединго гьев вуго газеталъул божарав гьудулги. Щиб къваригӏелалъ гьесухъе аниги, гьеб тӏубачӏого цониги чи тӏадги вуссунаро.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула Мухӏамадида 60 сонилаб юбилей. Сахаватал гӏадамазе гьеб ккола кӏиабилеб гӏумруялъул байбихьилъун. Тӏадегӏанас гьесие кьун буго кӏудияб рес – гӏагараб халкъалъе хӏажатавлъун вукӏине. Гьеб божел Мухӏамадица ритӏухъ гьабулебги буго.\n60 сон – дагьищ яги гӏемерищ –\nГӏумруялъ борцина гьелъул борхалъи.\nКӏиабилеб хӏухьел дур гӏумруялъул,\nМухӏамад, баркула. Сахлъи кьейги дуй.\nБаркигун газеталъул коллектив"}
{"slug": "19103-riidal-chverdej-khirago-chiezekh-in-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19103-riidal-chverdej-khirago-chiezekh-in-bugo", "title": "Риидал чвердей хираго чӏезехъин буго", "date": "2022-07-22 10:10:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Анкьида жаниб республикаялда гъанкъана 14 чи, гьездаго гьоркьор гӏисинал лъималги.\nМЧСалъул хӏалтӏухъабаз цӏодорго рукӏайин халкъалде хитӏабал гьаруниги, гьелгощинал чагӏи гъанкъана цо анкьида жанир республикаялда. Махӏачхъалаялда, Дербенталда, Гъизилюрталда, Унсоколо ва Гъарабудагъкенталда ккана гьел пашманал лъугьа-бахъинал.\nРиидалил гьаб араб заманалда жанибин абуни 29 чи гъанкъун вуго. Гьезда гьоркьоса 11-ял ккола лъимал.\nГазеталъул цебесеб номералда хъван букӏана ралъдалъ чвердолаго гъанкъарал санаде рахинчӏел кӏигоязул хӏакъалъулъ. Гьел рукӏана вацгӏалги яцгӏалги. Гьаб нухалъ къадаралде щваразда гьоркьорги руго гьединалго лъимал.\nЛъималазул хвел гӏемерлъулеб буго республикаялда. Газеталъул чанго номералда хъван букӏана жалго жидецаго лъимал чӏваялъул хӏужаби гӏемерлъулел ругиланги. ЕГЭ сабаблъун жидерго гӏумруялде квер борхана гьез.\nГьанже лъелъ гъанкъун холел руго гӏолилал. Цоялдаса цояб кьогӏаб гурони рагӏулеб гьечӏо хабар. Цо анкьида жаниб 14 гӏумру гӏажалалде щванин абураб тарих гьитӏинаб жо гуро. Киназего бокьула рии тӏаде щведал ралъдахъе рорчӏизе, цӏорораб лъелъ чвердезе.\nРеспубликаялъул гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалазул рахъалъ министерствоялъ (МЧС) цоги нухалда хитӏаб гьабулеб буго халкъалде. Агъаз гьечӏого, тӏаса квер босун нужерго лъимал ралъдал рагӏалда ва хӏорида аскӏор тогеян абун. Рекӏкӏаб, квер рес бакӏ гьечӏеб бакӏ буго ралъадги кьуруги. Гурхӏуларо гьеб гӏадамил лъимералда. Гьари буго киназдего, нужерго лъималазда хадуб халккве, чвердезе аралъур цӏодорго рукӏа. Воре, нужгоги нужерго лъималги цӏуне."}
{"slug": "19105-l-ebelazul-giigi-giiyal-khiangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19105-l-ebelazul-giigi-giiyal-khiangi", "title": "Лъебелазул гӏиги гӏиял хӏанги", "date": "2022-07-22 10:11:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "20 июлалда республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас сапар бухьана Лъаратӏа районалде.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, премьерасда ракӏалда буго лъебелазул мучӏдуздеги щве- зе, росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабигунги дандчӏвазе, гьединго гӏияхъабазухъеги щун гьезул къварилъи-гӏатӏилъиги цӏехезе.\nГьединго Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда бихьизабизе буго машгьураб лъебелазул гӏиял хӏан хӏадурулеб къагӏидаги.\nГьелъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицина газеталъул иргадулал номеразда."}
{"slug": "19106-chchugia-bik-ulel-tamikhialde-tsiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19106-chchugia-bik-ulel-tamikhialde-tsiana", "title": "Ччугӏа бикъулел тамихӏалде цӏана", "date": "2022-07-22 10:13:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда республикаялъул гӏорхъаби цӏунулезул управлениялъул хӏалтӏухъабаз тӏатинабуна, багӏараб ччугӏил 200 кг бикъулел ратарал.\nГъизляр районалъул Коллективизатор абураб росдада аскӏоб, кӏигоял кквезе щвана. Гьезухъ батана бикъараб багӏараб ччугӏил 130 кг.\nГьебго къоялъ Сулахъ росулъ, гьенийго гӏумру гьабун йигей гӏадамалъул рокъобги батана бикъараб гьебго ччугӏил 30 кг.\nГӏаммаб къагӏидаялъ гьел лъабазго пачалихъалъе гьабураб зарал бащалъула анлъго миллион гъурщида."}
{"slug": "19108-bigayab-k-agiida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19108-bigayab-k-agiida", "title": "Бигьаяб къагӏида", "date": "2022-07-22 10:14:01", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Банкалъул карточкаялъул кумекалдалъун гӏарац кьолеб къагӏида гьабизе ракӏалда буго лъагӏалил ахиралде 500 маршруткаялъуб. Гьабсагӏаталда гьединал аппаратал рекъезарун руго 103 маршруткаялда жаниб. Гьелъул кӏудияб квегӏенлъи букӏине бугин пассажиразеян бицана республикаялъул Транспорталъул министерствоялда."}
{"slug": "19220-khunzakh-e-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19220-khunzakh-e-sapar", "title": "Хунзахъе сапар", "date": "2022-07-29 09:10:52", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 июлалда ДРялъул Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас са- пар бухьана Хунзахъ районалде. Тӏадеялъул Расул Хӏамзатовас 100 тӏубаялъул тадбиралде хунз кин хӏадурлъулел ругелали халгьабизе, республикаялъул нухмалъулев Сергей Мелико- васул тӏадкъай тӏубазе вачӏун вукӏана гьев тӏалъиялде.\nГӏ. Гӏабдулмуслимов щвана Цӏада росдада цебе бугеб «Хъахӏал къункъраби» абураб мемориалияб комплексалде. Гьениб хал-шалги гьабун, юбилеялъул соналде хӏалтӏаби гьарун лъугӏизе кколин лъазабуна премьерас. Тӏаде рачӏарал гьалбадерица лъикӏаб къимат кьолеб хӏалалда къачӏан букӏине кколин комплексилан абуна гьес.\nЦинги хӏукуматалъул нухмалъулев щвана Цӏадаса Хӏамзатил букӏараб минаялъуве. 1960-абилел соназдаго гьелъие кьуна музеялъул статус. Машгьурав шагӏирасул лъимерлъи жаниб араб минаялъ кӏудияб асар гьабуна Гӏабдулмуслимовасе. Минаялъул гъоркьарокъор цӏунун руго Цӏадаса Хӏамзатил рукӏарал хӏалтӏул тӏагӏел-алатал – тӏимугъ, буртина, цӏулал манги, сандукӏ, пуруц-рукь, чода нахъа балеб гьоко ва гьеб гуреб цогидабги буго гьениб.\nТӏасияб тӏалаялде рахиндал, рагъи цӏун руго батӏи-батӏиял соназда рахъарал Расулил ва гье- сул гӏага-божаразул суратал. Къеда чӏван руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса руссинчӏел Расу- лил кӏудиял вацал Мухӏамадил ва Ахилчил суратал. Цӏорол рамкаялда жанир цӏунун руго рагъдаса гьез ритӏун рачӏарал кагътал.\nГьеб киналъго асар гьабурав Гӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна Расул Хӏамзатовасул юбилей нилъеца кӏодо гьабизе кколин цогидаз мисал босулеб куцалдайилан.\nГьебго къоялъ республикаялъул премьер щвана чанго къоялъ цебе Оренбургалдаса туристазул машина гъоркье араб Цӏолбокь рагӏалдеги.\nГьелъул гӏайиб нужедаги бугин абуна Гӏабдулмуслимовас районалъул нухмалъиялъе бадибчӏвайги гьабулаго. Жиндир заманалда кьурул рагӏалда галан ялъуни къед гьабун букӏарабани гьединал ишал ккечӏого хутӏизе бегьилаан. Туристазе шартӏал чӏезаризе кколеблъиялъулги бицана гьениб.\nУкраинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда гӏахьаллъулаго къадаралде щварал Хунзахъ районалъул рагъухъабиги ракӏалде щвезаруна ахиралда."}
{"slug": "19221-emiratazdasa-gobol", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19221-emiratazdasa-gobol", "title": "Эмиратаздаса гьобол", "date": "2022-07-29 09:19:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда республикаялде вачӏун вукӏана Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазул (ОАЭ) Россиялда вугев посол Мухӏамад Ахӏмад аль-Жабер.\nРеспубликаялъул гӏемерал бакӏазде щвана Мухӏамад Ахӏмад аль-Жаберин. Рихьизаруна гьесда нилъер росдал магӏишаталда кколел ругел бергьенлъабиги. Гьединго гьев дандчӏвана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгунги.\nМухӏаммад Ахӏмад аль-Жабер дандчӏвана бесдал лъималгунги. Дандчӏвай тӏобитӏана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Муслим Телякавовги ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевги.\n«Лъималазе, хасго бесдалазе ва къайимчи гьечӏезе, цӏакъ хӏажат буго пачалихъалъул тӏалаб-агъаз. Ниж хӏадур руго гьезие хӏажатаб гьабизе», — ян абуна дандчӏваялда Муслим Телякавовас.\nМухӏаммад Ахӏмад аль-Жаберица ракӏалде щвезабуна пандемиялъул заман ва абуна гьеб мехалда лъималазе – рикӏкӏадасан цӏалулел рукӏиналъ – компьютерал цӏакъ хӏажат рукӏанин абун. Цӏализе пагьму бугел лъималазе ноутбукал сайгъат гьаруна гьес."}
{"slug": "19222-turistaze-g-aya-kkoleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19222-turistaze-g-aya-kkoleb-bugo", "title": "Туристазе гъая кколеб буго", "date": "2022-07-29 09:22:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Сулахъ къварилъухъ, Басрияб Миякьо росдада аскӏоб хӏорихъ дандречӏана туристал рекӏараб кӏиго катер. Цо турист больницаялде ккана. Заманаялъ гьеб бакӏалде тира-сверизе унезе нух къан буго.\nРеспубликаялде рачӏунел туристал цӏикӏкӏанагӏан, кколел руго цо-цо талихӏкъарал лъугьа-бахъиналги.\nМасала, Хунзахъ, ай Цӏолбокь кӏкӏалахъе бортана хъизамго тӏад рекӏун букӏараб машина. Моцӏгун бащадалъ цебе, Шамил районалъул Микьигьориб росулъги авария гьабуна Ставрополь краялдаса гӏаданалъ. Гьединлъидал цӏодорлъи гьабизе ккела."}
{"slug": "19223-milliyab-matsial-e-khob-bukh-ulell-un-rukiunge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19223-milliyab-matsial-e-khob-bukh-ulell-un-rukiunge", "title": "Миллияб мацӏалъе хоб бухъулеллъун рукӏунге", "date": "2022-07-29 09:23:24", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовасул гӏахьаллъигун пресс-конференция. Гьелда гӏахьаллъана республикаялъул СМИязул журналистал.\nДанделъиялда бицана республикаялда тӏобитӏулеб бугеб миллияб политикаялъулги, диназда гьоркьосел бухьеназулги, гражданиял жамгӏиятазул институтазулги, диниял гӏуцӏабазул гьоркьорлъабазулги, къватӏисел улкабаздаса рачӏарал гӏадамазе республикаялда шартӏал гӏуцӏиялъулги хӏакъалъулъ.\n«Нилъер буго Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерство. Щиб гьелъ гьабулеб хӏалтӏи? Щай гьеб къваригӏун бугеб?» — гьединал суалал гӏемер кьола дагъистанияз. Ва гьелго суалал дица кьолел руго дуе, Энрик Селимович», — ан байбихьана пресс-конференция нухда бачарай Бурлият Токъболатовалъ.\nЭнрик Муслимовас бицана министерствоялъ тӏуралел масъалабазул хӏакъалъулъ. Миллатазда гьоркьосел бухьеналги, батӏи-батӏиял диназул гьоркьорлъабиги, жамгӏиял гӏуцӏабазулги пачалихъиял идарабазулги цадахъал ишалги, нилъер республикаялда цӏалулел ругел къватӏисел улкабазул студентазул масъалабиги – гьел киналго ккола министерствоялъул аслиял ишалин абуна гьес. «Гӏемермиллатазулаб Дагъистаналда чарагьечӏого букӏине ккола Миллияб политикаялъул министерство. Щайгурелъул миллатаздаги диназдаги гьоркьосеб гьудуллъи ккола тӏолабго жамгӏияталъул парахалъиялъе кьучӏлъун. Гьединаб щулиб кьучӏ гьечӏони, республикаялъул цебетӏеялъе нух букӏунаро», — ян бицана министрас.\nЭ. Муслимовас бицана миллиял мацӏал цӏуниялъул рахъалъ министерствоялъ гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъги. Масала, гьес рехсана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталда цебе рагьараб Рахьдал мацӏалъул цӏех-рех гьабиялъул центр. Гьеб централъул хӏаракаталъул рахъги ккун, министерствоялъ биччалеб буго миллиял мацӏазда тӏахьал рахъиялъе гӏарац. Исана гьелъие биччан буго 600 азарго гъурущ.\n«Рачӏа рахьдал мацӏазда кӏалъазе. Гьайгьай, нилъ тӏубаларо гӏурус мацӏалда гаргадичӏого, амма гӏурус мацӏалъ хабалъ рукъизе кколаро Дагъистаналъул халкъазул мацӏал. Гьелъ рукъулелги гьечӏо гьел. Мацӏал хвезарулел руго нилъецаго – рокъоб, хъизамалда эбел-инсуца лъимералда малъунгутӏиялъ, рахьдал мацӏ бицунгутӏиялъ. Пачалихъалъулги власталъулги кӏудияб бутӏа буго рахьдал мацӏал цӏуниялъулъ, амма кинабго гьезда бараб букӏунаро», — ян бицана гьес.\nРахьдал мацӏазе хоб бухъулел нилъго ругин абун, министрасул рахъккуна «Дагестанская правдаялъул» бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъги. «Эбел-инсуца рокъоб кьолеб тарбиялдагун лъаялда бараб буго гӏемераб жо. Мацӏ буго нилъер тарих, маданият, адабият. Гьеб кинабго гӏолеб гӏелалъухъеги кьезе ккола», — ян абуна гьелъ.\n«Рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда, республикаялъул законодательствоялда хиса-басиял гьариялъул рахъалъ Дагъистаналъул парламенталде кинабгӏаги хитӏаб гьабунищ Миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министерствоялъ?» — абураб суалалъе чӏванкъотӏараб жаваб кьечӏо министрас. Амма хӏукму гьабуна миллиял СМИязулги Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъулги бухьен камил гьабизе.\nК. СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "19224-dag-istanal-ul-mustakhiik-av-energetik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19224-dag-istanal-ul-mustakhiik-av-energetik", "title": "Дагъистаналъул мустахӏикъав энергетик", "date": "2022-07-29 10:42:34", "categories": ["barkiyal"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ Чӏикӏаса Къурахӏмаев Гӏабдулагьида баркула «Дагъистаналъул мустахӏикъав энергетик» абураб хӏурматияб цӏар щвей. Энергетика цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏулел вакилзабазул тухумалъул чи хӏисабалда гьарула гьесие щулияб сахлъи ва хӏалтӏулъ бергьенлъаби."}
{"slug": "19225-zhamaludinil-k-ismatgi-va-zhak-aseb-kinogi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19225-zhamaludinil-k-ismatgi-va-zhak-aseb-kinogi", "title": "Жамалудинил къисматги ва жакъасеб киноги", "date": "2022-07-29 10:44:53", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Исана маялъул ахиралда республикаялъул кинотеатразда бихьизабураб «Аманат» киноялда хурхун «Хӏакъикъат» газеталда рахъарал Зульфия Хӏажиевалъул ва Ашахан Юсуповасул макъалаби цӏалидал, диеги бокьана дирго пикру загьир гьабизе.\nДица цӏалана РАНалда цебе гӏуцӏараб Бакъбаккул рахъалъул институталъул Кавказалъул отделалъул заведующая Патӏимат Тахӏнаевалъ гьелда тӏасан хъвараб рецензияги.\nУзухъда, кино дидагоги бихьун букӏинчӏебани, гьел макъалабазда тӏасан пикру загьир гьабизе дун лъугьинароан. Зульфияца байбихьудасаго цӏалдолезулгун киноялъул лъай-хъвай гьабулеб буго. Жамалудинил биографиялде гьелъ квер «бегьулеб» гьечӏо, хӏакъикъаталдаги гьелда хӏажат гьечӏеблъун бихьулеб буго дора-гьаниса рагӏарал харбазда рекъон яги чияца хъварал асаралги хъирщун, гьесул хӏакъалъулъ киназдаго лъалеб чӏанда хъвай. Макъалаялъул авторалда рихун буго авар мацӏ балъаргъи ва гьелъ гьелъул бицун бадирчӏваял гьарулел руго кино бахъаразеги. Гӏицӏго цо жиндир гуреб, гьеб пикру цогидазул букӏин загьир гьабизе, журналисталъ макъалаялда кьолеб буго Гъуниб районалъул КДЦялъул директор Патӏимат Абакаровалъул баянги.\nАхиралдаги, Зульфияда бичӏчӏулеб буго «Аманат» киноялъе сценарий хъвалелъул продюсер Шамил Жафаровас ва гьесул гьалмагъзабаз Жамалудинил гӏумруялъул цӏех-рех гьабурав тарихчи гӏахьал гьавун гьечӏевлъиги, киноялда «реальные события» гӏицӏго Жамалудин аманаталъе кьейги, 16 соналдаса гьев нахъе витӏун вачӏинги тун батӏиял гьечӏеблъиги.\n«Аманат» киназего рекӏее гӏуна… Тарихчагӏазе хутӏизегӏан» абураб макъала хъваялъе Ашахан Юсуповас гӏиллалъун бихьизабун буго «…24 маялда Москваялда букӏараб премьералда гӏахьаллъана гӏемерал хӏакимзаби: республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамадсалам Мухӏамадовги. Гьез фильмги беццана», — ян.\nАшахание гӏолеб буго гӏицӏго чиновниказе фильм бокьи, гӏадатияб халкъалъул пикру рагӏизецин бокьун гьечӏо гьесие. Кин бугониги, жиндирго макъалаялде кунчӏи рехизе А. Юсуповасухъе кодове щун вуго тарихчи Зураб Хӏажиев. Гьев гӏалимчияс киноги какун буго. Дицаги гъулбас лъола Зураб Хӏажиевасул щибаб рагӏуда гъоркь, амма дун рази гьечӏо гьес Николай Тӏоцевесесул хӏакъалъулъ абулел цо-цо рагӏабазда.\nИмператорасул Жамалудиниде букӏараб инсулаб бербалагьиялдаги, Кавказалда рагъ халат бахъиялдаги, гьесул букӏараб хъачӏлъиялдаги гьоркьоб кӏудияб батӏалъи буго.\nПатӏимат Тахӏнаевалъ «Аманат» киноялъе хъвараб рецензиялъул бицунаго, дица абила 15 гьумералда хъвараб гьеб рецензия гӏелмияб хӏалтӏи бугилан. Дида лъаларо, рецензия гьедин хъвалеб жоги батила, амма гьедигӏан халатго гьеб хъвазе «Аманат» кинго мустахӏикъаб гьечӏо. Тӏадежоялъеги, гӏалимчӏужуялъ кинаб бугониги цӏияб жоги гьениб хъвалеб гьечӏо. О. А. Мимотинил, П. Оленинил, Н. А. Краловасул, А. П. Николайил, В. Б. Каширинил, Н. Н. Муравьевасул ва цогидазул церего цӏаларал тӏахьаздасагун цогидал асараздаса росарал мисалаздаса данде гьабураб очерк буго гьеб. Гьел киналго цӏалун лъалел рукӏиналъ батила дие П. Тахӏнаевалъул гьеб очерк цӏакъ чӏамучӏлъараб. Жамалудиница гӏумру гьабулеб заманалда, абухъего, Россиялда мода букӏана руччабаз гуребги, бихьиназги дневникал хъвалеб. Россиялда гӏурав, тарбия-лъайги гьенив щварав Жамалудиница дневник хъвазе бегьулеблъи гӏадаб пикру нилъер цониги гӏалимчияс аскӏобе къазецин биччачӏо, гьединаб «несерьезный» иш имамасул васас гьабуларинги абун.\n«Аманаталъе» кьуралдаса чанго нухалъ хӏаракат бахъулеб буго Шамилица вас нахъ вуссинавизе. Гьеб живго Жамалудинида лъалеб букӏунаро, Дагъистаналде нахъ вуссине Жамалудинилгун къо-лъикӏ гьабулаго, императорас абулеб буго: «Жамал, не один раз пробовал твой отец вернуть тебя, но я под разными предлогами отказал. А всё это ради тебя, не хотел, чтобы твоя жизнь закончилась там среди этих гор и в этой проклятой войне. Я желал тебе хорошего будущего, хотел, чтобы ты стал большим человеком, потому что ты этого заслуживаешь. И после войны у меня насчёт тебя были другие планы», — ян.\nГьеб мехалъ виххун, Жамалудиница императорасе суал кьолеб буго жив Кавказалде наместниклъун витӏизегӏаги ракӏалда букӏинчӏищилан. Гьеб мехалъ, ццимги бахъун, Николай Тӏоцевесев Жамалудиниде ахӏдола гьел харбазда божизе кин дуда кӏварабилан. Тӏаса лъугьайинги гьарун, Жамалудиница абула жив божулев гьечӏин, гьеб пикру ботӏролъе гӏицӏго жакъа бачӏараб бугилан. П. Тахӏнаевалъ И. А. Крыловасул (Жамалудинида цадахъ цӏалулев вукӏарав кадет) хъвай-хъвагӏаяздаса босарабиланги бихьизабун хъвалеб буго, Жамалудин киданиги императорасул дворалда вукӏинчӏила. Дида лъаларо, дун мекъи кколевги ватила, Н. А. Крыловасул «Кадеты сороковых годов» абураб макъалаялда гьединаб хъвай-хъвагӏайго бихьичӏо. Жамалудинилги Елизаветалги рокьул хӏакъалъулъ абуни, тарихчи Хӏажимурад Доногъоца, Л. Т. Тимофеевасул хъвай-хъвагӏаялда бихьизабухъе, кинаб бугониги хӏай букӏинчӏо гьезул. Гьеб букӏана унгоунгояб рокьи, кӏиязго дневниказда хъвалеб буго жидерго дандчӏваязул, гьенир рукӏарал кӏалъаязул хӏакъалъулъ. Царское село шагьаралда Оленинал дачаялда хӏухьбахъулеб заманалда Жамалудиние Елизавета гьаризе вачӏуна гьенивго императорасул резиденциялда вукӏарав Николай Тӏоцевесев, цадахъ жиндирго кӏиявго вас Николайгун, Михаилгун ва Жамалудингун.\nГьениб императорас рагӏи кьола берталъ Жамалудиние эменлъи гьабизе. Доногъоца хутӏизегӏан цогидаз хъвалеб буго Елизавета ячине ккани, гьес насраниязул дин босизе кколаанила ва гьеб босизе Жамалудин хӏадур вукӏанилан.\nЖамалудин императоргун тӏоцеве дандчӏвалев вуго Москваялъул кадетазул тӏоцебесеб корпусалдаса Александрийский корпусалде витӏулелъул. Гьеб мехалъ Жамалудиница гьесда гьарула жив зулмуялдалъун жиндирго диналдаса инкар гьабизе тӏамугеян. Гьениб императорас рагӏиги кьола Жамалудиние бокьичӏеб цониги жо гьабизе гьечӏилан. Исламияб дин лъазабизе рес бугеб Александровский корпусалдеги императорас гьев бокьун витӏулев вукӏуна. Польшаялде инелде цеве Тверцы гӏурул рагӏалда букӏараб дандчӏваялда Жамалудиница Елизаветада абула килисаялде инелде цин нилъ магьари лъезе мажгиталде ине кколилан, цогидазда лъазе гьеб тӏадабги гьечӏилан. Императорас гьукъулин нилъ мажгиталде ине ва гьеб лъани ратӏаги гьарилин Лизаца абидал, дос жиндирго яс Ольгаги православиябгун католиказул — кӏиябго къагӏидаялъ кьунин росасе, жиндиеги гьес кумек гьабун гурони, квалквал гьабиларин жаваб кьола Жамалудиница.\nГьес гьеб бакӏалдаго абулеб буго: «Если моя религия не станет моей, у нас семья не получится, и мы не будем счастливы», — ян.\nГьес дневникалда хъвалеб гьечӏо кинай йигониги «светлая деваялъулги» насраниязул дин исламияб диналдаса битӏараб бугиланги.\nЖамалудиние кинго бокьун букӏинчӏо Дагъистаналде нахъ вуссине. Хӏакъикъаталдаги гьес гӏурабго заман бана васвасдулаго. Жив инарин абизе командир Н. Н. Муравьёвасухъе унев вукӏарав чиясде дандеги вачӏун, цо офицерас гьесухъе Чавчавадзел кагъат кьола.\n«Умоляю Вас, Ваша светлость, спасите мою семью. Через несколько дней они станут рабами наибов. Ваш отец хочет детей отделить от матери и отдельно по одному отдать каждому наибу, как награду. Одна надежда на Вас, милостивый государь, спасите безвиных детей от рабства» — гьеб бакӏалдаго кагъатги цӏалун, нахъ вуссинчӏого Жамалудиница абула жив асирлъуде ккаразухъ хисизе рази вугилан. Амма гӏолохъанчиясда ракӏалда букӏуна кӏиго-лъабго моцӏидаса жиндирго хӏалтӏудеги цӏалудеги нахъе вуссине…\nНилъер гӏалимзабаз жидеего суалги кьолеб гьечӏо императорас Дагъистаналде нахъвуссин-вуссунгутӏи живго Жамалудиниде тӏамун щайдай тун букӏарабилан. Щайха Жамалудинил гӏумруги гьесул къисматги кӏудияб балъголъилъун хутӏараб?\nБалъголъилъун букӏуна Жамалудиница бащалдаса цӏикӏкӏараб гӏумру Зимний Дворецалда тӏамулеб букӏараблъи. Кадетазул корпусалде гьесда хадув унев хасав чи вукӏана. Гьес каретаялдаги рекӏинавун гьев вачӏунаан Кавказалъул солдатаздаса (гьезда черкесал абулаан, тӏад ретӏун бугеб ратӏлихъ балагьун) гӏуцӏараб императорасул конвоязул отряд чӏараб рахъалде. Гьениса гьез гьев виччалев вукӏун вуго жидецаго цӏунун ругел кавабаздаса жанивеги. Корпусалъулаз толеб букӏун буго гьев жиндирго ракьцоязухъе унев вугилан.\nЖамалудиница хъвалеб буго гьениса жаниве вачӏун жив маххул болъодаса дандвитӏун Михаилил аппартаментазда жаниве лъугьунев вукӏанилан.\nЗаман щвана киса дихъе Жамалудинил дневник щварабали бицине. Гьелъул баян гьабиялде дие бокьун буго Елизавета Оленинал дневник киса дихъе щварабалиги баян гьабизе.\n1982 соналда дир лъай-хъвай ккана нилъер машгьурав хъвадарухъан Ахӏмадхан Абу-Бакарил «Медовые скалы» гӏурус мацӏалде буссинабурай хъвадарухъан ва таржамачӏужу Ремида Григорьевна Радовскаялъулгун. Гьелъул рокъове щварав дида библиотекаялъул къадада чӏван бихьана кӏиго сурат. Гьелъ бицана гьадав гӏолохъанчи вугин имам Шамилил вас Жамалудин ва гьадай гӏолохъанчӏужу — гьесул абурай яс, Елизавета Оленина кколилан. Гьеб суратги 128 соналъ цебего бахъараб бугин.\nДида гьелъ рихьизаруна къеда чӏварал сураталги, йокьулелъухъе битӏулеб мехалъ Жамалудиница хъвараб кагъатги, жийго Елизаветал дневникги. Радовскаялда ракӏалда бугоан гьезул кӏиязулго рокьул хӏакъалъулъ къиса хъвазе. Ва Дагъистаналде араб мехалъ Жамалудинил хӏакъалъулъ материал бакӏареянги гьарана гьелъ дида. Дица Ремидада гьарана дневник дихъе кьеян ва магӏарул мацӏалда макъалаги хъван, нахъбуссинабилин. Кьечӏо ва дица тӏаса бищун жиб аслиябин рикӏкӏунеб жо хъвана.\nДагъистаналде вуссиндал, гьелда тӏасан макъалаги хъван, дун «Багӏараб байрахъ» газеталде ана. Амма дир макъала гьениб бахъичӏо, гьез жаваб кьуна жидер газета маргьаби рахъулеб бакӏ гурилан. Редакциялда кодобецин босичӏо дица хъвараб жо. Дихъаги босун, «в архив» абунги хъван, нахъе лъуна. Кигӏан гьараниги, нахъеги кьечӏо.\nБахъараб цциналъ гӏураб заман аниги, дида тӏубанго кӏочон тана Жамалудинги гьесул абурай яс Елизаветаги. Дун вуссана магӏарулазул шагӏир Кьохъа Мухӏамадил гӏумруялъулгун творчествоялъул цӏех-рехалде.\nСанкт-Петербургалда Елизавета пансионаталда йигеб мехалъ гьелъухъе яккизе ячӏуна вац Алексейил яс, машгьурай операялъул кочӏохъан А. Мария Оленина-д Альгейим. Гьелъухъе кьола Елизаветаца жиндирго дневник. Гьебго соналъ (1918- 1919) Парижалде гочарай Марияда гьеб цӏунизе кин кӏварабали лъаларо, Россиялде юссун хадуй гьелъул хӏакъалъулъ макъала хъвазе арай «Звезда» журналалъул мухбир Ремидахъе кьола гьелъ Елизаветал киналго хъвай-хъвагӏаял, «гьел кагътазда щиб гьабилебали дида лъаларо» янги абун.\n1986 соналда Болъихъ районалъул редакциялде бачӏараб газеталда (гьеб букӏине ккола Гӏахьвахъ районалъул яги «Багӏараб байрахъ» газетазул цояб) хъван бугоан:\n«Имам Шамилил вас Жамалудинида аскӏов унтараб ва холеб мехалъ дир кӏудияв инсул эмен Гӏалихӏажи тун батӏияв чи вукӏун гьечӏо. Унтун бусада вугев гьев гӏолохъанчиясда аскӏов кӏиго моцӏида жаниб цо нухалъ Гъазимухӏамадил чӏужу Кариматги щун йиго, хвезе бащдаб сагӏат хутӏидал, Гъазимухӏамадги тӏаде щун вугоан. Гьеб заманалда унел рукӏун руго цӏа бакарал рагъал, гьелъ Гъазимухӏамадги виччан, Шамил рагъулъа нахъе ине рес щун гьечӏо. Хъвалеб буго гьесда аскӏой чӏужу йикӏанилан ва цоги (цӏар рехсоларо) наиб вукӏун вугилан. Гьеб кинабго гьереси буго. Жамалудиница Талхикӏил яс гурони, ячун йикӏун гьечӏо. Гьейгунги хехго ватӏалъун вуго.\nНижер кӏудияв инсул инсуца Арчо росу рагӏалда мина босун буго ва Жамалудиние гӏоло Кӏаратӏаса гочун вуго гьениве. Абулеб буго мина живго Жамалудинил гӏарцухъ босараб букӏанилан.\nГӏалихӏажи Гӏалиасхӏабов Кӏаратӏа росу».\nГьеб макъала цӏалидал, дида ракӏалде щвана Р. Г. Радовскаялъул гьари ва тӏадкъай. Лъабабилеб къоялъ дун ана Кӏаратӏе ва дол соназ Гӏахьвахъ районалъул газеталъул редакторлъун хӏалтӏулев вукӏарав Мусабегица (фамилия кӏочана) дандчӏвазаруна ниж. Гӏалихӏажихъ дида батана Жамалудинил квералъ хъвараб дневник, жаниб Елизаветал суратги лъураб, меседил рахсида бараб кулон, дугъ (зонт) ва персазул хвалчен. Гьес абуна гьеб кинабго Жамалудинил къайи буги- лан. Кулоналда тӏад бугоан къиматал ганчӏаз къачӏараб хъанч. Гьеб тӏасан бикӏунги бугоан (хъанч на- хъе хъвагӏазе къваригӏараз бикӏун бугоан гьеб). Гӏалихӏажица бицана Жамалудиница рахас горбода балеб букӏун гьечӏилан. Гӏалихӏажица дихъе кьечӏо дневник ва тӏубараб моцӏгӏанасеб заманалъ, шамат-гьатӏан къояз, хьвадана дун гьелдаса хъвай-хъвагӏаял гьаризе. Жамалудинил васигат тӏубазаби кколеб букӏун буго Гӏалихӏажил кӏудияв инсул инсуца гьеб къайи Мухӏамад-шафигӏихъе щвезаби. Гьес тӏубазабичӏеб васигат тӏубазабизе тӏаде босун буго жакъасев Гӏалихӏажица, Мухӏамад-шафигӏил бищун цевесев чиги кодове щвезавун, гьесухъе кьезе бугила жинца дневникги гьелда цадахъ бугеб цогидаб къайигиян бицана Гӏалихӏажица.\nДневникалдаса гьарурал хъвайхъвагӏаялги росун, Москваялде вачӏарав дида Ремида хун ятана. Дневникги босун дун ана Гӏабасил Махӏамадихъе, гьес дида абуна: «Гьеб буго кӏудияб хӏалтӏи, дуца гьелдаса пайда боси тезе бегьуларо, цинги тӏехьги къватӏибе биччазе ккола. Мун гьелдаса хӏинкъуге, чанго нухалъ цӏале дневник, цӏехе цогидал дуе пайда щолел материалалги. Гьеб тӏехь хъвазе байбихьизегӏан, лъиданиги бихьизабуге ва бицуге духъ дневникалдаса хъвай-хъвагӏаял рукӏинги», — ян. Махӏамадица абухъе гьабуна ва тӏаделъана тӏехь хъвазе.\nЦӏакъ къваридаб ва захӏматаб къисматалъул чи вуго Жамалудин. Аманаталъе кьураб мехалъ Жамалудинил ичӏго сонги букӏинчӏо, гьес хъвалеб буго жиндир жеги анкьго сонцин тӏубан букӏинчӏилан.\nГьединлъидал дневникалдаса хъвай-хъвагӏаялги киноги дандеккун балагьани, кино кколеб буго цо лъилалиго мурадал тӏуразаризелъун бахъараб маргьу.\nХӏажи САЙПУЕВ, РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член"}
{"slug": "19226-chiagoyab-k-adal-chiukhiaral-k-isabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19226-chiagoyab-k-adal-chiukhiaral-k-isabi", "title": "Чӏагояб къадал чӏухӏарал къисаби", "date": "2022-07-29 11:23:20", "categories": ["magiarukh"], "text": "Цӏидасанги – магӏарухъе. Гьаб нухалда — Цӏумада районалъул Гъоркьияб Гьаквари росулъе, Мухӏамад Гӏабдулхабировасухъе гьоболлъухъ. Лъугьунеб рахӏатха тӏолабго черхалъе, магӏарухъе щолелъул. Гьале – гьаб цояб рахъалда мугӏрул сухъмахъал. Гьез рачуна магӏарулал мугӏрузул тӏогьазде. Гьаб цояб рахъалдайин абуни, рикӏкӏадасан найил тӏулбузда жал релълъунел, тӏабигӏаталъ мугӏрузул каранда сокӏкӏарал хӏайранал росаби.\nГӏумруялъул цӏамги гьел, гьелъул гьоцӏоги гьел – мугӏрузда гӏумру гьабун ругел магӏарулал. Гьел кӏодо гьаризе, гьезул тӏадегӏанлъиялъе цоги нухалда кьолеб бугеб къадруяб къимат бихьизе унел рукӏана ниж — дун, «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан Шамай Хъазанбиева, шагӏир Тубхӏат Зургьалова, профессор, республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадов. Мухӏамад Гӏабдулхабировасул хӏаракаталдалъун рагьулеб букӏана мугӏрузда гӏумру гьабун ругел руччабазе ва бихьиназе памятник.\nКӏудияб ракӏалъул инсан вуго Мухӏамад. Хъахӏаб савуялъ ботӏрол расазда накъишал угьанагӏан, цӏикӏкӏунеб буго гьесулъ гӏумруялдеги, магӏаруллъиялдеги, магӏарулаздеги рокьи. Гъоркьисаги щвана дун гьаб росулъе. Гьелъги гьелда сверухъ бугеб тӏабигӏаталъги диего гьабураб хӏайранлъиялъул хӏакъалъулъ хъван букӏана газеталда. Гьале гьаб нухалдаги салам кьуна нижее Мухӏамадил инсул минаялъ. Доб заманалъул хаслъиги цӏунараб, магӏаруллъиялъул махӏги жаниса лъугӏичӏеб, инсул цӏаралъе мустахӏикъав ирсиласул сариназ дагьабги берцин гьабураб гьеб свери- ялда рещтӏине бокьула.\n— Гьалеха Тӏадегӏанас хъван букӏун буго исанаги гьаб ракьалде дун вачине. Гьаниб гӏадаб гьуинаб макьуги букӏунаро. Нужедаго рагӏизе лъикӏан гьаб рукъалда цебесан чвахулеб лъаралъ дие рачунел лъимерлъиялъул ва гӏолиллъиялъул саринал. Гьез херлъизе толев гьечӏо. Гьанив вугебгӏан мехалда, щибаб рогьалилъ тира-сверула росу ахадаса тӏараде щвезегӏан. Гӏенеккула гьелъул сухъмахъаз диего гьурщулел балъголъабазухъ, щибаб ганчӏил къисаялъухъ. Гьадале, росдал парахалъиги цӏунун, гьелде тӏаде къулун ругел кьурабалъ ва мугӏрузда ана дир лъимерлъи, дир гӏолиллъиялъул нугӏлъун жакъаги ккола росдал годекӏан. Гьанир щварал гӏумруялъул дарсаз нуха регӏана дун росдадаса рикӏкӏада дие къисмат хъван батараб гӏумруялде. Ва щибаб лахӏзаталъ цӏидасанги ахӏула мугӏрузде. Цоцо ракӏ къварилъунги лъугьуна, пашманал пикрабазги кӏутӏула гӏумруялъул кавуялда – щвеладай дун тӏадеялъулги гьаб хӏикмалъиялъухъе, хъван бугебдай Тӏадегӏанас цоги сапар яги дир сапаразул ахирдай гьаб!? -илан гьес абидал, магӏуго кквезе кӏвечӏо. Ва цӏидасанги Мухӏамадил лъимерлъиялъул ва гӏолиллъиялъул сариназ ниж рачана росдал аслияб къотӏноб буго чӏагояб къадал иргадулаб къисаялъухъ гӏенеккизе. Гьениб гьеб къоялъ кунчӏизе букӏана цоги гӏажаибаб къисмат – рагьулеб букӏана хӏикматаб памятник – мугӏрул руччабазе ва бихьиназе.\nТадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана районалъул бетӏер Шамил Гӏумаров, администрациялъул вакилзаби, республикаялъул хӏукуматалъул вакил Мухӏамад Юсупов ва цогидалги гьалбал.\nГьеб берцинаб дандеруссин гьаквадерида баркана Мухӏамад Мухӏамадовас, Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Гӏумаровас, Цӏияб Сасикьа Ахӏмад Гӏамирхановас ва тадбиралъул цогидалги гӏахьалчагӏаз.\nУнго-унгоги, кӏудияб хӏарпалдалъун жиндир цӏар хъвазе мустахӏикъаблъун лъугьун буго гьаквадерил машгьураб къед.\nЧӏагояб къед. Гьале гӏун бачӏунеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисал. Чӏагояб къадал анкьабилеб къиса — рагъдаса руссинчӏел васазухъ магӏу, репрессиялъул къурбаназухъ угьди, кулаби ракӏалде щвезари, ва гьале ахиралдаги – мугӏрул руччабазе ва бихьиназе къулулеб бетӏер.\nАнкьабилеб къиса. Биччанте гьеб къадал тарихги къисаги соналдаса соналде бечелъизе.\nРухӏдаллъизе бачӏана гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьи бидулъ бессун бугев хӏикматав инсанасда. Мухӏамадил гьеб рокьул руго щулиял кьалбалги гӏемерал гӏаркьалаби. Гьеб рокьул тӏогьиб буго Дагъистанги Россияги. Гьеле гьенире рачӏунел гьел гӏаркьалаби.\nКӏудияб Ватӏаналде бугеб хӏасратаб рокьиги байбихьула гьитӏинаб ватӏаналъул тӏалабаздасан.\nЛъугӏана берцинаб байрамалде сверараб гьеб тадбир. Тӏадруссун унелъул, дагьабго пашманлъиги рещтӏана пикрабазулъе.\nВа цӏидасанги рагӏулеб букӏана Мухӏамадил калам:\n-Нилъеца пикру гьабизе кколаро ватӏаналъ нилъее щибдай гьабилеб, гьабураб ва гьабизе бугебилан абураб суалалъул. Нилъ ургъизе ккола нилъехъа щибдай бажарилеб ватӏаналъе гьабунилан абураб суалалда тӏад.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "19228-retstsgi-tsiargi-tiad-bussinabize-khulgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19228-retstsgi-tsiargi-tiad-bussinabize-khulgun", "title": "Реццги цӏарги тӏад буссинабизе хьулгун", "date": "2022-07-29 11:51:14", "categories": ["gara"], "text": "1970 соналда Дагъистаналда ракь багъарана. Гьелъул балагьалъукье ккана чанги районал, гьезда гьоркьоб букӏана Гумбет районги. Районалъул школазул цӏалдохъаби цӏализе ритӏана батӏи-батӏиял бакӏазда ругел интернатазде. Гьединазда гьоркьов вукӏарав Гъалип Гъалипов – районалъул бетӏер – ккана Избербашалъул школа-интернаталде.\n«1974 соналда цӏидасан багъарана ракь ва росабалъе тӏад руссун рукӏарал нижер гӏадамал нахъеги гочине ккана гӏатӏиракьалде. Избербашалъул интернаталда микьабилеб-ичӏабилеб классазда цӏалулел рукӏарал ниж ритӏана батӏи-батӏиял бакӏазде. Дун ккана Астраханалъул интернаталде. Гьениб лъугӏизабуна дица анцӏго класс», — ан ракӏалде щвезабуна Гъ. Гъалиповас.\nБаян:\nГъалип Гъалипов гьавуна 1958 соналда, Гумбет районалъул Килалъ росулъ. Тӏоцебесеб-кӏиабилеб классазда цӏалана гӏагараб росдал школалда, лъабабилеб-ункъабилеб классазда – Каспийскиялъул школа-интернаталда. Хадубккун цӏалана Избербашалъул школа-интернаталда – микьго класс лъугӏизегӏан. 9-10 классазда цӏалана Астраханалъул школа-интернаталда.\n1982 соналда Гъ. Гъалиповас лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул физикаялъул факультет. 1982-1983 соназда хӏалтӏана Килалъ росдал школалда физикаялъул ва математикаялъул учительлъун. 1996 соналда цӏализе лъугьана нухмалъулел куцалеб политехникияб колледжалде.\n1998-2013 соназда хӏалтӏана Дагъистаналъул энергетикаялъул идарабазда. 2008-2013 соназда вукӏана «Дагэнергосбыт» абураб компаниялъул нухмалъулев директорлъун.\n2021 соналъул сентябралда Гъ. Гъалипов тӏамуна Гумбет районалъул бетӏерасул ишал тӏуралесул хъулухъалде. 2022 соналъул 10 марталда, районалъул депутатазул собраниялъ, Гъалип Гъалипов вищана Гумбет районалъул бетӏерлъун.\nРоссиялъул энергетика цебетӏезабиялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ Гъ. Гъалипов мустахӏикълъана регионалиялгун федералиял пачалихъиял идарабазул Хӏурматалъул грамотабазеги, Баркалаялъул кагътазеги ва медалазеги.\n— Районалъул цӏияв нухмалъулев хӏисабалда, тӏоцебесеб иргаялда, тӏубазе кколеб масъалалъун щиб рикӏкӏунеб дуца?\n— Ахирал соназда районалъул школал лъугӏаразда гьоркьоса цӏакъ дагьлъана церетӏурал вузазда цӏалунги рахъун росабалъе тӏад руссарал гӏолилал. Дир хӏисабалда, гьелъие гӏилла буго лъай кьеялъул даража гӏодобе ккей. ОГЭялъул ва ЕГЭялъул хӏасилазги нугӏлъи гьабула гьелъие.\nРайоналъул нухмалъулесул ишал тӏуралевлъун вугеб мехалда дун ана районалъул лъай кьеялъул идарабазул халгьабизе. Аргъваниса ресалда вугев бизнесмен Хӏажияс, жиндирго гӏарацги харж гьабун, бан буго школа-интернаталъе мина. «Дие къваригӏун буго росдал гӏолилазда гьоркьоса лъай бугел, пагьму-гьунар тӏокӏал, бажари бугел гӏолилал рахъине», — ян абуна дида Хӏажияс. Пагьмуял лъималазул школа гӏуцӏизе гъираялда, гьенире ракӏарана Хасавюрталда, Гъизилюрталда, Махӏачхъалаялда цӏалулел рукӏарал эргъвендерил лъимал.\nЦӏакъ лъикӏаб пикру буго гьеб! Амма бокьиладай гьанжесел лъималазе цӏализе? Дираздаса байбихьун, лъимал руссун руго гаджетазде – гьеб балъголъи гуро. Камуларо, гьайгьай, МГУялда цӏализе ине гъираги бугел, тӏадчӏун лъаялда хадур лъугьарал гӏолилалги. Нилъер талихӏкъосин ккола гьединал цӏакъго дагь рукӏин. Щвана дун гьеб школалде. Дунгоги лъабго батӏияб интернаталда цӏализе ккедал, интернаталъул ахӏвал-хӏал дида лъикӏ лъала. Ракӏчӏун абила, дица гӏумру гьабураб цониги интернаталда рукӏинчӏо Цӏияб Аргъвани росулъ бугеб интернаталда гӏадинал шартӏал. Рукъзабахъ лъун руго кӏитӏалаял кроватал. Цӏалул корпусалда чӏезарун руго гьанже заманалъул киналго шартӏалги техникаги. Киса-кибго рацӏцӏалъи буго. Къецалда бергьарав табасаранав вуго гьелъул директорлъунги. Завучлъун йиго чачанай. Тӏад рагӏи абилареб хӏалалда гӏуцӏун буго кинабго хӏалтӏи. Гӏицӏго хӏажат буго гьезие кумек-квербакъи гьаби.\nСундулъ кумек хӏажат бугеб? Гьеб интернат бараб ракьул «зеленка» буго, жибго минаялъул гьечӏо киналгӏаги документал, ай гьеб бан буго нилъер умумузул къагӏидаялда. Жиндиего мина балев чияс киданиги хӏадурулароан хасаб проекталъулгун сметаялъул документал. Гьедин бараб буго интернаталъул минаги.\nРехсараб школа-интернат базе ракь кьун буго районалъул депутатазул собраниялъ гьабураб хӏукмуялда рекъон. Проектги хӏадуричӏого, бан буго школалъе мина. Цӏунун гьечӏо лъай кьеялъул идараялъул рахъалъ рукӏунел цогидал тӏалабалги. Букӏине кколаан архитекторас, надзоралъул, цӏа ккеялдаса цӏуниялъул идарабазул вакилзабаз ва цогидаз гъулбасараб документ.\nГьелде тӏадеги, прокурорасул халгьабиялъул кагътида рихьизарун руго цӏа ккеялдаса цӏуниялъул мурадалда гьаризе кколел тадбирал. Гьелги хӏисабалде росизе ккола интернаталъул нухмалъиялъ. Нижецаги хӏаракат бахъу-леб буго кумек гьабизе. Республикаялъул тахшагьаралда документал гьечӏого бан буго ункънусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏемертӏалаяб мина. Гьел риххизаризе лъугьунел гьечӏо гурищ? Нилъецаги хӏаракат гьабизе ккола гьеб школалъул документал гьарун рукӏалиде ккезаризе.\n— Гумбет районалдаса чан чи гӏахьаллъулев вугев Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда?\n— Цин абулеб букӏана районалдаса 78 гӏолохъанчи вугин гьениви- лан. Росабазул бегавулзабазухъеги ахӏун, мухӏкан гьабураб мехалда, гьенив ватана 48 чи. Гьезул лъабгояв гӏумруялдаса ватӏалъана ва кӏиго-лъабгояв лъукъунги вуго. Гьезие кьуна «Бихьинчилъиялъул орден». Лъаратӏа росулъа учителасул вас вачӏун вукӏана захӏматго лъукъун. Гьесда хӏурматалда дандчӏвай гьабуна районалъго ва сахлъун хадуб, цӏидасанги ана гьев рагъулаб хъулухъ тӏубазе. Цӏиликьа, ЦӏундиЩабдухъа ва Мелъелтӏаса цо-цо солдатасул жаназаби рачӏана росулъе. Гьезул хъизамал ахӏун рукӏана администрациялде ва бажарараб кумекги гьабулеб буго. Тӏубазабулеб буго росабазул школазе, къватӏазе, хӏухьбахъиялъул бакӏазе бахӏарчиго хварал солдатазул цӏарал кьеялъул рахъалъги хӏалтӏи.\nДир ракӏ бохула ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул гьеб суалалде бугеб тӏалабчилъиялъ. Районазул бутӏрулгун данделъи тӏобитӏанщинахъе гьелде кӏвар буссинабула гьес. Гьес лъазабуна хасаб операциялда чӏварал ва лъукъарал аскариязул хъизамазде жавабияб бербалагьи букӏине кколин абун.\n— Районалъул администрациялъ кинаб хӏалтӏи гьабураб гьеб рахъалъ?\n— Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулаго чӏварал гӏолохъабазул хъизамазе кумек хӏисабалда нижеца бакӏарана цо миллионгун кӏинусазарго гъурущ. Дагьаб цебе «Афгъаналъулазул вацлъи» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакил Мухӏамадрасул ана Донецкиялде – дора ругел аскариязе къай-цӏаги босун. «Солдатасе сайгъат» абураб акциялда рекъон школазул цӏалдохъабаз бакӏарараб къайиялъул – цояз шватаби, цогидаз макаронал ва гь. ц. кьун – ГАЗель битӏун букӏана гьенибе цебеккунги.\n— Щиб дуца рикӏкӏунеб Гумбет районалъул бищунго хирияб хазиналъун?\n— Халкъ. Гьаб районалда гӏумру гьабулеб буго гӏаданлъи бугел, гьобол хириял, ватӏан бокьулел ва хӏалтӏизе бажари цӏикӏкӏарал гӏадамаз. Районалъул администрациялъ мугъчӏвалеб буго гьезде ва гьезул кумекалде. Цадахъ рекъон хӏалтӏани, рес буго районалъул цебеккун букӏараб реццги цӏарги тӏадбуссинабизе.\nГара-чӏвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ."}
{"slug": "19229-l-aleb-gielmu-bokuleb-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19229-l-aleb-gielmu-bokuleb-khialtii", "title": "Лъалеб гӏелму, бокьулеб хӏалтӏи", "date": "2022-07-29 12:10:17", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Росдал магӏишаталъул рахъалъ Гумбет район тӏадегӏанал хӏасилал рихьизарулел районазул мухъилъ гьечӏониги, цӏакъго нахъе ккаразда гьоркьобги гьечӏо. Районалда буго 10 СПК, 89 КФХ (фермеразулаб магӏишат) ва анлъазаргогӏанасеб ЛПХ (хъвай-хъвагӏай бугеб жал бетӏергьанаб магӏишат). Гьелъул аслияб бутӏалъун рикӏкӏуна гӏияхъанлъи. Районалда буго 188 азарго бетӏер гӏи-цӏцӏаназул (аслияб куцалда — КФХязул ва ЛПХязул). СПКязул цебетӏей цӏикӏкӏараб гьечӏо, чӏегӏербоцӏулги гьечӏо рехсезе гӏураб къадар.\nХӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз Мелъелтӏе гьабураб сапаралъул хӏасилалда рес ккечӏо росдал магӏишаталъул управлениялъул хӏалтӏухъабазулгун гара-чӏвари гьабизе. Амма къокъабго гара-чӏвари ккана гьелъул бетӏерав специалист (гьабсагӏаталда гьес тӏурала начальникасул хъулухъги) Гӏалиев Мухӏамадилгун.\n— Мухӏамад, дуца абуна росдал магӏишаталъул аслияб бутӏа кколин гӏи-боцӏухъанлъиялъ абун. Амма нужер цӏар гӏемерисезда лъала пихъил ватӏан хӏисабалда…\n— Районалъул хьиндаллъиялда ругел гӏадамазул бетӏербахъи бугеб нигӏмат ккола пихъ. Гьелда гьоркьобги аслияб бакӏ ккола куракалъ. Районалда буго 731 гектар ахазул, гьезда гьоркьоса 462 гектар ккола куракул, хутӏараб буго микьир, гӏеч, цӏибил (6-7 гектаралда (Инхоб ва Игьали)), Чӏиркъатӏа бижула хурма.\n— Араб сон кинал хӏасилалгун нахъа тараб?\n— Гӏаммаб куцалда абуни, квеш инчӏо. Тӏабигӏиял шартӏал рукӏана гӏезегӏан захӏматал, хӏажатаб заманалда рачӏо цӏадал, букӏана ракъдаллъи. Амма районалъул гӏадамал хӏалтӏи лъалел ва хӏалтӏизе бокьулел рукӏиналъ, кинал ресал ратунги, гӏурухъа лъим баччунги кӏвана рекъараб къагӏидаялда кинабго тӏубазабизе.\n— Исанасел планал ва гьел тӏурай кин бугеб?\n— Нижеда ракӏалда гьечӏеб куцалда цӏикӏкӏараб букӏана куракул бачӏин — гъоркьиса нижеца бакӏарана гьелъул 3,8 азарго тонна. Исана гьанжелъизегӏан бакӏарун буго 4,2 азарго тонна (руго гьеб жеги бакӏаризе ругел бакӏалги). Гьелда хадубго ирга щола цогидал пихъаздеги. Амма буго цо гьадинаб хӏужа. Битӏун курак барщулъ рана гӏемерал цӏадал. Нилъеда лъала гьеб букӏин риччел цӏикӏкӏаниги, гъотӏодаса бортун дагьабниги чункъаниги цӏакъ хехго холеб нигӏмат. Гьединлъидал гьелъул хӏасилалда ккана гӏезегӏан камиги.\n— Бачӏин цӏикӏкӏараб букӏин цо суал, гьеб гьанибго къачӏазе рес гьечӏолъи гьечӏищ кинго тӏубазе кӏолареб масъала?\n— Аслияб куцалда нижер гӏадамаз курак бичулаан нилъерго пачалихъалъул шагьараздеги баччун. Доба гьелъул цӏикӏкӏараб тӏалаб букӏиналъ лъикӏаб багьаялде гьебги бичун, разияб хайирги щун рачӏунаан росабалъеги. Роччун букӏиналъ исана пихъ букӏинчӏо рикӏкӏаде баччулеб хӏалалда, гьединлъидал гӏадамазул кинго рес букӏинчӏо гьеб шагьаразде баччизеги. Кире балагьаниги кьураби гурони сверухъ гьечӏеб авалалда, гӏурул лъимги хӏалтӏизабун, ахал гӏезари гуреб тӏокӏаб батӏияб магӏишаталъе ресал гьечӏо. Хӏалтӏи гӏадамазда лъала, бачӏин буго гӏезегӏан лъикӏаб, квеш ккараб жо буго гьеб къачӏалеб предприятие, цех, завод районалда гьечӏеблъи. Нижеца кире унги, кӏварас-кӏвараб гьабун, гьанир тункун, дора речӏчӏун бичана курак. Холеб букӏиналъ 300-400 тонна гьабуна бакъвазе. Амма бокьилаан гьелда чӏей гьабичӏого цоги ресал ралагьизе.\n— Чӏиркъатӏа букӏараб заводалъул къисмат кинаб бугеб?\n— Гьеб чӏун буго, 20-ялдаса- ги цӏикӏкӏун сон буго хӏалтӏулеб гьечӏелдаса. Цебегоялдаса нахъе рехун тараб, хутӏараб техникаги кьавуца кванараб гьеб цӏи гьабиялъул магӏна гьечӏо. Исана бачӏин цӏикӏкӏараб букӏунеблъи нижеда цебеккунго бихьулеб букӏиндал, къотӏи-къаял гьарун рукӏана Болъихъ бугеб заводалъулгун. Амма сезоналъул заманалда нижее бакӏ щвечӏо доба, кӏвечӏо гьенибе продукция кьезе. Гьединабго хӏал буго цоги заводаздаги. Гьединлъидал районалъе чара гьечӏого хӏажат буго цӏиял технологиязда рекъон хӏалтӏулеб, гьитӏинаб бугониги, пихъ къачӏалеб производство. Нижер цӏияв бетӏерги вуго жигарав чи, гьесги кӏвар кьолеб буго гьеб масъалаялде, республикаялъул хӏукуматалда цебеги борхун буго гьеб суал. — Шагьаралда гӏезегӏан дандчӏвала пастӏангун хъарпуз бичулел аргъванисел. Киса гьезие гьеб магӏишаталъулгун гьудуллъи щвараб? — Хӏакъикъаталдаги гьел руго гьеб ишалъул устарзаби. Гьеб бекьизе ракь щвечӏони, мина-къайиялъул тӏохда бекьунги гӏезабичӏого тоге хъарпуз — гьединаб аби танин жидее умумузин абула аргъванисез.\n— Ахихъанлъиялда ругел аслиял масъалабазул нилъеца бицана. Кинха бугеб гӏияхъанлъиялъул иш?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьоркьохъаби гьоркьоре лъугьинчӏого гӏиял гьан бичине рес щунгутӏи. ДРялъул премьер Гӏабдулмуслимовасул хӏаракаталдалъун росдал магӏишаталъул ярмаркаби тӏоритӏизе байбихьаралдаса нахъе дагьаб гӏодобе буссана гьеб суалалъул хӏалуцин. Гьебго хӏисабалъул ккола гьан-рахь къачӏалел мини-цехал, пунктал рагьизе кӏвелародай абурал нижер хьулалги. Буго цоги масъала. КФХязе гӏолел гьечӏо хӏажатаб къадаралда кӏалцӏи-хер хӏадуризе ракьал. Бабаюрт, Гъизляр, Хасавюрт, Гъизилюрт районазда нижер буго 15 азарго гектар ракьул. Гьел киналго ракьал руго СПКабазухъ, амма гьезухъа бажарулеб гьечӏо берцинаб хӏалалда гьел хӏалтӏизарун, букӏине кколеб куцалда хӏалтӏи гӏуцӏун. Гьебги буго, кин тӏубаниги тӏубачӏого, рес гьечӏеб масъала.\n— Гӏемерал суалал рукӏуна квасуда, гьелъул багьаялда сверухъ. Дуца щиб абилеб?\n— Цебе нилъер умумуз абулаан вехьги чахъуги хьихьулин квасуцайилан абун. Жакъа абуни гьелъул буго нилъго нечолеб багьа. Магӏарул тайпаялъул квасул кило буго 5-10 гъурщиде, метис тайпаялъул кило — 20-25 гъурщиде. Гьебго заманалда цо чахъу къунцӏун кьезе ккола 100-120 гъурущ (цо чахъдадаса къунцӏула 2-2,5 кило). Гьеб буго божизе захӏматаб, амма хӏакъикъияб хӏужа.\n— Гумбет районалъул росдал магӏишаталъул метерисеб къо кинаблъун дуда бихьулеб?\n— Хьулал руго гӏезегӏан лъикӏал, гьелъие нижер фермералги хӏалтӏулел руго гали нахъе тӏамичӏого. Продукцияги кьолеб буго къойидаса къойиде цӏикӏкӏун. Лъикӏабщиналде буго хьул, гьелда рекъон хӏалтӏулел нижги руго.\n— Пачалихъалъул рахъалдасан бугищ кумек?\n— Жакъа кумек щола. Гӏезабураб продукциялъул кило ва бечӏчӏараб рахьдал литр рикӏкӏун, щибаб чахъдахъ кьола субсидиял. Исана байбихьана мугӏрузул шартӏазда гӏезабураб картошкадухъ субсидиял кьезеги. Пачалихъалъул кумек-квербакъи гьечӏебани, бигьалъилароан кколеб хӏалалда хӏалтӏи нухда бачине.\n— Къарзалъе босулеб гӏарцул рахъалъ ругел бигьалъаби гӏемер ругищ?\n— Бицуна ругин абун, амма нижеца абула гьезде ккун хутӏугегиян.\nГӏ. ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "19235-arg-vanigun-danukh-galdoleb-pikru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19235-arg-vanigun-danukh-galdoleb-pikru", "title": "Аргъванигун Данухъ гьалдолеб пикру", "date": "2022-07-29 12:40:42", "categories": ["magiarukh"], "text": "Араб хамиз къоялъ редакциялъул хӏалтӏухъабаз сапар бухьана Бакълъулазул ракьалде. Редакциялдаса къватӏире рахъинчӏого, газеталъул гьурмазда кьезе чӏагоял макъалабиги, чӏагоял пикрабигун къасдалги рачӏунаро ботӏролъе. Гӏадамазда нилъги, нилъеда гӏадамаз гьабулеб яшавги бихьизабизе ккола. Миллаталъул матӏулъун кколеб, магӏарулазул цо гурони гьечӏеб миллияб басмаялъул унго-унгоял ва ритӏухъал гьудулзаби магӏарухъ руго жакъа. Гьебги хӏисабалде босун, подпискадул суалги дагьаб роцӏцӏинабизе хьулгун, редакциялъул хӏалтӏухъаби къватӏире рахъана араб анкьалда.\nТӏолабго магӏаруллъиялдаго гӏадин, Бакълъулазул ракьалдаги тӏадбан буго рии, гӏурччинго буго мегъ. Жеги ахазукьа тӏагӏинчӏого буго ахбазан ва курак. Хадубцун барщизе къачӏан буго микьир, генигӏеч ва кокон.\nГьаваги бацӏцӏадаб, ракьги беэнаб, ахал-хурзалги гьарзаяб ракь буго Бакълъулазул тӏабигӏаталда.\nАхӏулгохӏалъул ахалъиги тун унаго, Гумбет районалда тӏоцебе батулеб росу ккола Чӏиркъатӏа. Магӏарулазул тарихалъул чӏагояб нугӏ, бахӏарчияб къеркьеялъул гъваридаб лъалкӏги нахъа тараб, унго-унгоял бахӏарзалги жаниб рахъараб магӏарул росу. Ахӏулгохӏда рагъ унеб заманалда гьеб росулъа лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун хъизам шагьидлъанин машгьураб гохӏдаян бицуна тарихалъул тӏанчаз. 1839 соналда цебе росулъ 300 минаялъул тӏалайдухъа къватӏибе кӏкӏуй букӏанин хъвалеб буго тарихчагӏаз. Ахӏулгохӏдаса хадуб Чӏиркъатӏе нахъбуссана гӏицӏго 12 хъизам. Гьеб хӏужа дагьабги камил гьабун нижее баян гьабун букӏана Чӏиркъатӏа бугеб тарихияб музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовас. Гӏажаибав инсан вуго Ибрагьим. Тӏоцеве вихьулев вугониги, нусго со- налъ цоцада лъалеб гӏадаб хӏисабгун кверде восула инсан гьесул сабураб каламалъ.\nЦӏидасан ракӏалде щвезабуна гьелъул тарих. Гохӏде рахине къасдгун, ахӏичӏого рачӏарал тушбабазе нухги къан, Щулалъул гохӏги цӏунун чанго къоялъ рагъарал — Хунзахъа Хириясул Гӏалибегил ва гьесда цадахъ шагьидлъарал Ахӏулгохӏалъул бахӏарзалгун дандчӏвана.\nЦӏадул хӏенхӏазда тӏад гӏанкараб кӏиго чӏерги къоялъе гӏезабун, жужахӏалъул гӏазабги къулчӏун, лъим гьарулеб черхалда кӏалги гьикъун, гьужумалъ арал гъазизабиги рачӏана цере. Росасухъа гӏодобе бортараб хвалченги борхун, тушбабазул бода гъорлъ речӏчӏарал руччабазул бахӏарчиял сипаталги паркъана берда цере. Ахӏулгохӏ, Ахӏулгохӏ… Дур бахӏарчияб тарих кӏочон тезе рес гьечӏо, анцӏ-анцӏ наслаби хӏайран гьарулеб чанги къиса хутӏана дур нахъе.\nГьеб тарихияб къеркьеялъул нугӏзал: гӏарададул гуллил кескалги, гумпарабиги, асариязухъа гъоркь хутӏараб рагъул сурсатги — гӏемераб жо бакӏарун буго Ибрагьимица музеялъубе. Гьеб кинабго дида бихьана щуго соналъ цебе, гьадинабго роол къоялъ бакълъулазул росабалъе гьабураб сапаралда. Къваригӏелалъ Буйнакскиялде ун ватун, гьаб нухалъ Ибрагьим росулъ ватичӏо.\nЧӏиркъатӏа росдал къо-лъикӏги гьабун ниж нухда рахъана. Хъил тӏураб нухдасан бекерун унеб букӏана Рулдаса Ибрагьимил Мухӏамадица бачунеб машина. Редакциялъ кибе сапар бухьаниги ки- даго нижеда цадахъ къватӏиве вахъине хӏадур ватула гьевги. Нух нахъе теялъе бицунеб гьуинаб хабарги, щивасул рекӏелъ рекъон кколеб хӏеренаб каламги гьесул камуларо.\nГъоркьехун букӏана азарил сонаца жиндирго чвахи хисичӏеб Гӏанди гӏор. Сагъри кьодухъ лъалхъани ва «чӏезе рес гьечӏого гӏедегӏун унеб заманги лъалхъизабун», тӏаса гъоркье балагьани бихьула, жужахӏгӏан къваридаб жаниблъуда гьалдолеб гьалагаб гӏор. Чан лебалав магӏарул васасда ва ясалдадай гьелъул къвалакь жидерго гӏажал батараб?\nАвар ва Гӏанди гӏорал цоцалъги журан лъугьуна гьалагаб Сулахъ. Гьединаб гӏажаибаб ва нилъер ракӏал асир гьарулеб къисмат буго гӏоразул. Магӏарухълъиялъул чӏагоял нугӏзалин абизе бегьила гьезда. Гӏоралги иццалги къани магӏарухъ гӏумру чӏунтула, тӏабигӏатги бечӏала. Тӏабигӏиял гьел бечелъабазда нилъ махӏрум гьаругеги Аллагьас.\nГьединал пикрабигун, Бакълъулазул тахшагьар Мелъелтӏе щун ратана ниж. Рамазан Гӏабдулатӏипов бетӏерлъуда вугеб заманалда рагьараб администрациялъул цӏияб, киналго санагӏалъабаздалъун бечедаб кӏалгӏаялда цебе лъалхъана нижер машина. Администрациялъул мина гуребги, районалъул маданияталъул рукъги, китабханаги, хӏатта лъималгун чӏахӏиял жаниб лъедолеб хӏорцин буго гьениб.\nСагӏат анцӏго тӏубалеб гӏужалде актовияб залалъуб тӏобитӏана районалъул нухмалъиги гӏахьаллъун данделъи. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала нужеда батила 12-13-абилел гьурмазда. Дица нужергун лъай-хъвай гьабила Бакълъулазул цогидал тарихиял бакӏазулгун. Шамил имамасул гъазаваталъул чӏагоял нугӏзаллъун кколел росаби ккола гьезул, гьединго, Данухъ ва Аргъвани.\nБасрияб Аргъвани – магӏаруллъиялъул яхӏалъул нугӏ\nЧӏиркъатӏего гӏадин Аргъванивеги щун вукӏана дун щуго соналъ цеве. Ахӏулгохӏалъул къеркьей байбихьизе моцӏгӏан заман букӏаго пачаясул аскараз цин гьужум гьабуна некӏсияб Аргъванибеги. Гьел тарихиял къояз росулъ боркьун букӏараб рагъул, жужахӏалъул корониб букӏараб гӏадаб хӏалалъул нижее бицун букӏана, басрияб Аргъвани годекӏанир ратарал къадруял харабаз.\n1839 соналъул маялъул ахиралда кутакаб рагъ боркьана гьеб росулъ. 10000 чиясдаса гӏуцӏараб аскаргун генерал Граббеца цин гьужум гьабуна Буртунаялде. Пачаясул генераласда ракӏалда букӏана хехаб куцалда кьабиги щвезабун, магӏарулал мукӏур гьаризе ва Шамилги кверде восизе. Амма гьесул мурад тӏубачӏо. Лъабго нухалъ тӏатӏалаго гьужум гьабуниги росу кверде босизе кӏвечӏо пачаясул аскаралда. Ахирги росуги бухӏун нахъе ана гьениса Граббе. Хадуб гьесда муридзабаз дандчӏвай гьабуна Хӏариб габурлъухъ. Кьоял риххизарун, нухда гъоркьчӏелал гьарун гьез Граббел аскаралда жидерго къвакӏи бихьизабуна. Нухда гӏемераб къоги бихьун щвана магӏарухъе пачаясул бо.\n30 маялда Аргъвани росдаде гӏагарлъана гьел. Амма цин гьенире щвелелде пачаясул аскаралъ рухӏана Данухъ ва Гӏаркьухъ росаби. Лъабго бакӏалдаса сверунги ккун байбихьана Граббеца Аргъ- ванибе кьвагьи лъезе. Гӏадан бицун божулареб бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьизабуна муридза- баз гьениб. Тарихчагӏаз хъвалеб буго, магӏарулазул унго-унгояб къвакӏиги, чаран бианиги биунареб лебаллъиялъул гӏадамал гьел рукӏинги пачаясул аскаралда тӏоцебе бихьанин Аргъвани букӏараб рагъулъилан.\nЛъабго сордо-къоялъ чӏечӏого жужахӏгӏан боркьараб рагъ букӏана гьитӏинабго магӏарул росулъ. Бидул гӏорал рукӏана Аргъвани росу жанисан чвахулел. Лъабго нухалъ тӏатӏала гьужум гьабуниги Граббел аскаралда росу бахъизе кӏвечӏо, ахирги цо хӏалихьатица бихьизабуна муридзабазухъа цӏуничӏого хутӏараб, росулъе бугеб сухъмахънух. Гьениса хъатиниб лъураб гӏадин бихьулаан тӏубараб росу.\nГьединаб, наслаби бахиллъулеб къвакӏиги бихьизабун, цӏунизе яхӏ бахъана муридзабаз бахӏарчияб росу. Аргъвани букӏараб гъазаваталда шагьидлъана 600 мурид. 2 июналда нахъе хутӏарав кӏинусго рагъухъангун Шамилица хӏукму гьабуна росу тезе. Гьев Ахӏулгохӏде ана.\nЧӏобого хутӏараб росулъе лъугьана Граббел аскар. Анкьго къоялъ халат бахъараб рагъудаса хадуб нахъе хутӏарал росдал минаби гьез щущазаруна ва рекьарал хурзабаздагун харибакӏазда лал тӏамуна.\nГьединаб буго Басрияб Аргъвани росдал тарих. Цевеги гьениве щун вукӏана дун. Бихьана пачаясул аскар росулъе жанире рачӏараб сухъмахънухги. Шагьидзаби рукъараб росдал хабалалъ гьезие дугӏа-алхӏамги гьабуна.\nГьеб кинабго ракӏалде щвана гьаб нухалъ Гумбеталде сапаралъ щведалги. Къо-лъикӏ некӏсияб Аргъвани росу, дур бахӏарчияб бицен наслабаз цоцахъе кьела жеги.\nАргъваниго гӏадин гъазаваталъул рагъул бухӏи бихьараб росу ккола Данухъги. Тарихалде арал рагъал ккана Шамилил заманалда гьенирги.\nГьаб нухалъ Данухъ росулъе сапар гьабизе рес рекъечӏо. Бакъанидаго къватӏире рахъана Мелъелтӏаса.\nБакълъулазул куракги, микьирги, тӏогьолал ахалги\nМелъелтӏа росуги тун, шагьранухде щведал цӏорораб лъимги гьекъезе цо иццухъ лъалхъана ниж. Нижеда гъоркь ватарав, цӏорораб лъел шушби цӏолев ватарав чиясулгун хъваш-баш гьабуна. Гьев ватана Чӏиркъатӏаса Шихшалаев Гӏабдулмажид. Гьагъаба гъоркьа жиндир ах бугин, гьенирги рещтӏинчӏого шагьаралде нуж ине изну гьечӏин лъазабуна гьев сахав чияс. Гьесул гьари нухда тезе нижееги къабуллъичӏо.\nАнцӏго километр нахъа тун букӏун батиларо, цебе тӏадхъвелги гьабураб, гӏурччинал гъутӏбуз берцин гьабураб цо ахикьехун сверана нижеда цебецебе букӏараб гьесул машина.\nАхикь тӏад бан барщизе квер бан бугоан микьиралъ. Огь баркаман, шагьранухдеги чӏвалеб берцинаб гьелъул махӏалъ цӏун бугоан сверухълъи.\nИсана ахбазаналъул лъикӏаб бачӏин бакӏарана магӏарухъ. Умумузул заманалдаса нахъего ахихъанлъиялде цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб мухъ ккола Гумбетги. Игьали, Инхо, Чӏикь ва цогидал росабалъ гьарзаго бижула пихъ.\nКӏиго нухалданиги федералиял телеканалазул журналисталги ахӏун, пресс-турал тӏоритӏана исана «Гумбет» РИОялъ. Бакълъулазул куракги, пурчӏунги ххенон гьабулеб хьодулги тӏагӏамалъул киназдаго рагӏизабуна гьез.\nЧӏиркъатӏаса Шихшалаев Гӏабдулмажидил буго лъикӏаб ахги. Ахикь жаниб берцинаб, умумузул заманалъул хаслъиги цӏунараб гӏадатияб минаги. Ах къотӏун гӏодобе чил-чилиялда чвахулеб лъимги.\nЧанго къоялъ цеве, Гӏашилтӏа букӏараб дандеруссиналдеги вачӏун вихьун вукӏана гьев. Доб мехалъ цоцазул квералги росун, кӏалъазе щун вукӏинчӏев Гӏабдулмажид ватана гьалбалги хирияв, умумузул гӏадатги рехун течӏев унго-унгояв магӏарул чиясул хасиятги чорхолъ бессарав чи.\nЧӏиркъатӏа бугеб спортшколалъеги нухмалъи гьабулеб буго гьес. Амма цохӏо спортивиял тадбиразде вуссун чӏечӏого, магӏарулазул дандеруссин бугеб бакӏалде вачӏине цӏакъ бокьулин жиндеян бицана. Кутакалда хирияб буго Гӏабдулмажидие ихтилатги умумузул кечӏ-бакъанги. Живгоги гьев цӏакъ аваданав, махсара-хочӏ гьабизе бокьулев чи вугоан. Бокьана нижее гьесул ахги ахикь жаниб гьесул бугеб берцинаб гӏумруги. Цоцазда гьоболлъиги рагӏизабун, квералги росун, ратӏалъана ниж.\nГьединаб букӏана араб хамиз къоялъ Гумбет районалде гьабураб нижер сапар. Кире унел ругониги ракӏ гӏатӏидал гӏадамалги, нухда цӏорорал иццалги, роцӏцӏараб магӏарул гьаваги камун нилъ хутӏугеги. Магӏарухъе унел нухалги нилъеда киданиги кӏочонгеги.\nАшахан ЮСУПОВ, Мелъелтӏа-Махӏачхъала"}
{"slug": "19344-dir-chotsa-kiiyabgo-nakugi-sukiun-surmiyab-khioril-l-el-kiutibi-chchun-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19344-dir-chotsa-kiiyabgo-nakugi-sukiun-surmiyab-khioril-l-el-kiutibi-chchun-rugo", "title": "Дир чоца, кӏиябго накуги сукӏун, Сурмияб хӏорил лъелъ кӏутӏби ччун руго", "date": "2022-08-05 09:15:08", "categories": ["magiarukh"], "text": "Кавказ! Балагье мун, дир Дагъистаналъ\nОгъохъатиниб лъун зодой борхараб,\nДур пикруялъулги чӏухӏиялъулги\nЧӏагояб матӏудахъ! Бакъ щолеб буго!\nГьедин хъвана магӏарулазул гьунар тӏокӏав шагӏир Гӏумархӏажи Шахтамановас «Гӏандадерил хӏор» абураб жиндирго кочӏолъ. Гьеле гьеб «чӏагояб матӏуялъухъе», гӏандадерил хӏорихъе, «Гӏандадерил буртина» абураб фольклорияб фестивалалде ракӏарун рукӏана 30-31 июлалда гӏемерал магӏарулалги чачаналги.\nГӏандадерил ясал, салам нужеде,\nНужеца самулеб квасгӏан хӏеренаб,\nГьеб гӏадинаб хъахӏаб, гьебгӏан тӏадагьаб,\nГьеб гӏадаб недегьаб, гьебгӏан мутӏигӏаб.\nЧӏегӏераб буртина бартул кьолода\nКьварараб гьороца парпазе гьабун,\nЦӏудул куркьби гӏадин бихьана дида,\nПирилъун воржунев бахӏарчиясда.\nЦӏар арав багьадур гуллид восидал,\nЧӏегӏераб буртина, биги тӏад бетун,\nБесдаллъун хутӏараб лъимер гӏадинан,\nГьесда тӏаде къулун бихьана дида.\nЧӏегӏераб буртина мугӏрул вехьасул\nРиидал рагӏадлъун, хасало печлъун,\nРелъедал ургулъун, къад халичалъун,\nКъваригӏиндал рукълъун лъугьун бихьана.\nГӏандадерил ясал, салам нужеде,\nНужеца бугӏараб буртина гӏадаб,\nГьеб гӏадаб къвакӏараб, гьебгӏан щулияб,\nГьоркьой цӏад унареб, цӏа хъатӏулареб!\n— илан хъвана халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъги. Гьеб кечӏ цӏалани, бичӏчӏула буртинадул магӏна лъаларезда гьелъул пайдаги, берцинлъиги, квегӏенлъиги.\n«Гьаб фестивалалъул мурад буго мадугьалзабазул гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул бухьен щулалъизаби, цоцазул адабият, маданият, гӏадатгӏамал бихьизаби, гьеб цӏуни, гӏолеб гӏелалда гьелъул берцинлъи бичӏчӏизаби, гьелде рокьи бижизаби. Умумузул аби буго, халкъ букӏунила гьеб халкъалъул мацӏги, цӏарги, маданиятги, тарихги нахъе цӏунун бугебгӏан мехалъин абураб. Нилъецаги гьабизе ккола нилъеда кӏванщинаб гьеб рухӏияб бечелъи, нилъехъе нилъер умумуз кьураб гӏадин, гӏун бачӏунеб гӏелалъухъе щвезабизе», — йилан абуна Болъихъ районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатовас.\nГьединабго пикру загьир гьабуна ва гьадинал тадбирал кӏванагӏан гӏемер тӏоритӏизе кколин, кумекалъе живги хӏадурав вугин абуна Дагъистаналъул спорталъул министр Сажид Сажидовас.\nГӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамад Муртазгӏалиевасги, гьадинги тагийила нилъ, гьалдасаги лъикӏги тагийилан, баркана гӏахьаллъаразда гьеб берцинаб байрам.\nЧачаназул абун, нилъер абун, магӏнаял кӏалъаял гьаризе рахъаралги камичӏо. Палхӏасил, гьеб тадбиралдасан бичӏчӏана мадугьалзабиги нилъги вацал-яцал рукӏин.\nБолъихъ районалъул бетӏерас ва гьалбадерица щибаб росдал свериялде аскӏореги ун, квентӏехалъеги, къайи-свериялъеги, цӏа-рагӏалъеги, гӏуцӏа-кӏутӏиялъеги, гьеб берцинлъиги тӏагӏамги нилъее хӏадурарал ва цебе лъурал гӏадамазеги кӏудияб къимат кьуна. Болъихъ районалъулги цогидал магӏарул районазулги къогоялдасаги цӏикӏкӏун майданал рукӏана гьенир гӏуцӏун. Щибалъул букӏана цоялдаса цояб тӏагӏамаб ва гьарзаяб, некӏсияб цӏа-рагӏалдалъун къачӏараб, сурпа-тӏутӏ. Миллияб ратӏлица берцин гьарурал горсвериязда, бакӏ-бакӏалъан рагӏулеб букӏана ун- го-унгояб зурма-къолол къва-къвайги, пандрида ахӏулеб унго-унгояб магӏарул кочӏол гьаракьги. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ гӏадамазул ракӏазе гуребги, мегӏер-гӏалахалъеги, гъветӏ-хералъеги, хӏинчӏкъедалъеги, хӏориниб ччугӏиегицин асар гьабулеб бугилан кколеб букӏана. Чан гьудул-гьалмагъха гьенив дандчӏварав, чан цӏияб гьудуллъи гьениб ккараб? Гьедин цолъун хутӏаги киналго Кавка- залъулго халкъал кидаго. Амма, гӏун бачӏунеб гӏелалъул тарбиялъул рахъ дагьаб загӏиплъун букӏин бихьулеб бугин гьадинал тадбираздай- илан, жидерго рази гьечӏолъи ва гьеб рахъалде кӏвар кьезе кколеблъи загьир гьабулелги камичӏо.\nФестивалалъул концерталъулаб бутӏа рагьана «Болъихъ» абураб фольклориябгун хореографи- ялъул ансамблялъ ва районалъул культураялъ- ул управлениялъул хӏалтӏухъабаз. Дагъистан ва Чачан республикабазул 200-гӏан махщел тӏокӏал артистал, батӏи-батӏиял фольклориял ва хореографиял коллективал, кочӏохъаби, кьурдухъаби рахъана цере. «Бухӏараб бакъул къоялъ Хӏеренго балеб цӏадакь…» ралагьарал гӏажаиблъизаруна Гиннессил тӏохьоде росарал чанго рекордазул бетӏергьан, жиндир къуваталъ риццатал маххул магӏазул ва чӏоразул дагӏнил лълъар гӏадал кьур-кьурарал жал гьарулев, бакӏал гираби квасул къандалъаби гӏадин, цабзаз ккун гьаваялде рехулев магӏарулазул чӏухӏи Гӏумар Хӏанапиевас. Кочӏохъабаз ва кьурдухъабаз жидер гьунаралдалъун хӏайран гьабун букӏана гӏалам.\nБолъихъ районалъул администрациялъги, гьитӏинал кьун, кӏудиял кьун, буртина кодобе кьечӏого цониги чи виччачӏо сценаялдаса нахъе. Тӏаде районалъул культураялъул управлениялъ, кубокалгун цадахъ, рамкабазда жанирги лъун, баркалаялъул кагъталги кьуна.\nАхиралдаги, накӏкӏал рачӏун, цӏад чваххун, цӏорораб гьури бахъун, хъамуна машинаби жидежидер рокъоре. Тӏаде-хариялъулги лъикӏ рихьизе хъвагиян, хьулазул кверал росун, кьуна цоцазе салам.\nГьанжеги Гӏумархӏажие кьелин рагӏи:\n…Тӏинде тӏерхьун ана моцӏги цӏвабиги,\nЦӏаруцӏун гарбалгун гӏунсби рещтӏана.\nДир чоца, кӏиябго накуги сукӏун,\nСурмияб хӏорил лъелъ кӏутӏби ччун руго.\nБаху МУХӏИДИНОВА"}
{"slug": "19345-tsiiyal-anishchalgun-tsiiyal-k-asdalgun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19345-tsiiyal-anishchalgun-tsiiyal-k-asdalgun", "title": "Цӏиял анищалгун, цӏиял къасдалгун", "date": "2022-08-05 09:20:19", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьал къоязда хиса-басиял ккана «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда. Лъабго соналъ газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев вукӏарав Гӏумахан Гӏумаханов, жиндиего бокьун, сахлъиялда бан хӏалтӏудаса нахъе ана. Гьесул бакӏалде ячӏана газеталда гӏемерал соназ хӏалтӏарай, махщел камилай журналист Зульфия Хӏажиева.\nГьайгьай, цӏиял анищалгун, цӏиял къасдалгун тӏаделъаниги, магӏарул цӏалдолезе бокьулеблъун жакъа газета цӏунун бажари — гьеб бигьаяб иш гуро. Амма магӏарул интеллигенциялдаги гӏадатиял магӏарулаздаги гьоркьоб бугеб къадру-къимат тӏадегӏанаб тахида лъезе рес щвана З. Хӏажиевалъе.\nБиччанте цӏияб хъулухъалда дагьалъги загьирлъизе гӏагараб миллаталдеги, гьелъул гӏадатал-гӏамалаздеги, тарихалдеги бугеб кӏудияб рокьи.\nМиллаталъул газеталда дагьабги цӏилъи чӏвазе З. Хӏажиевалъ лъолел ругел тӏоцересел галабиги баракат цӏикӏкӏарал, икъбал гьарзаял ратаги.\nГазеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула гьелда жавабчилъи цӏикӏкӏараб хъулухъ.\nГАЗЕТАЛЪУЛ КОЛЛЕКТИВ"}
{"slug": "19346-tiotsevesev-prezidentgi-shakhmatalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19346-tiotsevesev-prezidentgi-shakhmatalgi", "title": "Тӏоцевесев президентги шахматалги", "date": "2022-08-05 09:22:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялда, Шахматазул рокъоб, байбихьана ДРялъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасул призалъе гӏоло санайилго тӏобитӏулеб шахматал хӏаялъул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Турнир рагьизе ва гӏахьалчагӏазе битӏккей гьаризе рачӏарал гьалбадерида гъорлъ рукӏана ДРялъул спорталъул министрасул заместителал Зайнал Салаудинов ва Хӏайдарбег Хӏайдарбегов, ДРялъул шахматазул федерациялъул президент Жакай Жакаев, Олимпиялъул хӏаязул чемпион Загъалав Гӏабдулбеков, шагьаралъул спорткомитеталъул председатель Мухӏамад Суменов ва цогидал.\nИсана турниралда гӏахьаллъи гьабулеб буго 60-ялдаса цӏикӏкӏун чияс. Гӏахьалчагӏазе бергьенлъиги битӏккейги гьаризе турниралде вачӏун вукӏана Мухӏу Гӏалиевги:\n«Дун цӏакъ вохарав вуго пандемия сабаблъун ккараб гьоркьоб къотӏиялдаса хадуб, цӏидасанги турнир тӏобитӏизе рес щвеялдаса. Цебеккунго гӏадин, ритӏухълъиялда, гьудуллъиялъул ахӏвал-хӏалалда инин хьул буго исанаги. Шахматазул аналитик гьечӏониги, гьаб ахираб заманалда республикаялда шахматазул рахъалъ цебетӏей халлъулеб буго. Гьеб бицунеб буго нилъер гьитӏинав, гьунар бугев шахматист Таймаз Темирбековас Россиялъулги Европаялъулги даражаялда тӏоритӏулел турниразда росарал бергьенлъабаз. Хӏакъикъаталдаги, гьеб буго нилъ киналго рохизе ккараб хӏужа ва хьул буго гьадинал турниразул кумекалдалъун жеги цӏи-цӏиял гьунарал тӏатинин», — абуна М. Гӏалиевас. Турниралъул хӏасилалги Дагъистаналъул лъикӏал шахматистазул цӏаралги лъазе руго 11 августалда. Турниралда бугеб ахӏвал-хӏалалъул «Хӏакъикъаталъе» бицана чемпио- наталъул бетӏерай секретарь Саният Шагӏбановалъ.\n«Дагъистаналда шахматазул чемпионат тӏобитӏулеб буго къогогӏан соналъ. 2015 соналъ, Мухӏу Гӏалиевасул юбилеялдаги хурхинабун, тӏобитӏизе пикру ккана нижер. Гьевги гьесул гӏагарлъиги гьеб пикруялда разилъана.\nИсана турниралда гӏахьаллъи гьабулеб буго машгьурал шахматистаз. Гьезда гьоркьор руго халкъазда гьоркьосеб даражаялъул ва СССРалъул спорталъул мастерал, къогогӏан спорталъул мастерлъиялде кандидатал, регионалиял ва Россиялъул даражаялъул къецазда чӏел босарал ва призераллъун рахъарал лъималги.\nЩибаб тур — гьеб буго цо хасаб лъугьа-бахъин. Щив бергьиневали лъалеб хӏал гьечӏо — цӏакъ хӏалуцарал къецал руго. Турниралда гӏахьаллъи гьабизе бегьула Дагъистаналда гӏумру гьабулев бокьарав чияс, амма аслиял гӏахьалчагӏилъун рихьизарун руго жидерго районаздаги шагьараздаги чӏел босарал шахматистал. Кинавниги вуго 68 гӏахьалчи: 20 чӏужугӏаданги 48 бихьинчиги. Чемпионат тӏобитӏула руччабаздаги бихьиназдаги гьоркьоб батӏабатӏаго. Амма лъималазе батӏаго гӏуцӏараб номинация гьечӏо. Гьелги къеркьолел руго чӏахӏиялгун. Гьезие гьеб ккола жидеего хӏалбихьи щвезе бугеб лъикӏаб ресги, гьелдаго цадахъ дагьаб хадуб тӏобитӏизе бугеб лъималазда гьоркьоб СКФОялъул турниралде хӏадурлъиги. Амма гӏисинал гӏахьалчагӏи чӏахӏияздаса къун хӏалел гьечӏо. Масала, тӏоцебесеб туралда Каспийскиялдаса гьитӏинав Айдан Гъафуровас машгьурав шахматист, СССРалъул спорталъул мастер Руслан Хӏусенов къезавизе дагьав хутӏана. Руго жеги чӏахӏиял дандиязда тӏад чӏелги босун церехун унел лъималги. Лъимал рукӏаниги, хӏалбихьи бугел шахматистазулго даражаялъул хӏайги хӏасилалги рихьизарулел руго гьез. Гьелъ интересаблъун гьабула гьаб турнир, — ян бицана С. Шагӏбановалъ.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "19347-turistal-kin-tsiunilel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19347-turistal-kin-tsiunilel", "title": "Туристал кин цӏунилел?", "date": "2022-08-05 09:27:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Туристазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиялъул шартӏал чӏезариялде кӏвар кьолеб буго республикаялда. Хунзахъ росулъ ккараб гӏадаб талихӏкъосараб иш ккечӏого букӏиналъул мурадалда гьарулел тадбирал ккола гьел.\nДагьав цеве Хунзахъе щун вукӏарав ДРялъул премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги бадибчӏвай гьабуна бакӏалъулаб нухмалъиялъе рукӏине кколел шартӏал чӏезаричӏогойиланги абун.\nЩибха гьабулеб бугеб тӏадехун бицен гьабураб гӏадинаб лъугьабахъиналдаса хадуб туристазул гӏумру цӏуниялъе? Гьеб суалалда сверухъ цӏех-рех гьабуна нижеца. Масала, республикаялъул Туризм цебетӏезабиялъул министерствоялдаса нижее кьучӏаб баянго щвечӏо. Гьезул пресс-хъулухъалъ битӏун бачӏараб жаваб буго, цогидал киналго идарабаз кьолеб, официалияб пикруялда релълъараб.\n2019 соналдаса байбихьун, гӏезегӏан туристал республикаялде рачӏунел ругониги, нилъер гьаниб гьезие чӏезарурал шартӏал гьечӏин рикӏкӏунеб буго туроператорлъун хӏалтӏулев Гьашим Каримовас. Бищун къваригӏунел хӏажатханалцин гьечӏила. Ахираб заманалда лъил хӏаракаталдалъун гьабун батаниги, Гьоор росулъ лъун ругин туристал рачӏунел мухъазда хӏажатханаби, амма гӏемерисеб бакӏалда шартӏал гьечӏин рикӏкӏунеб буго гьес.\n— Чанго сон буго дир туристалгун хьвадулев вугелдаса. Амма гӏемерисел бакӏазда квегӏенлъаби гьечӏо. Мисалалъе, жакъа туристазда гьоркьоб бищун машгьураб маршрут буго Сулахъ-къварилъи. Гьенире жанире лъугьунаго, КППялдаса бахъараб, Цӏобокь-Миякьобе катеразда рекӏине унелъул нахъа тезе ккола 15 км нухлул. Ганчӏазул, гохӏазул цӏураб, хъил тӏечӏеб, цӏакъ хъарцинаб хӏалалда буго гьеб нух. Гьелде тӏадеги, цӏад банщинахъе хӏинкъи букӏуна гьарчал гирун рачӏиналъул.\nКӏиабизе, киназдаго рагӏана Цӏобокь-Миякьо хӏорихъ катералги цоцалъ речӏчӏун цо туристасе къварилъи ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьанже абулеб буго гьеб катер бачунезул лицензия букӏун гьечӏин абун. Сунда банха гьеб тун букӏараб, кьеха гьезие лицензияги, гьабе хъвай-хъвагӏайги, бакӏаре магъалоги.\nГьединго цӏуна-къаялъулал шартӏал гӏуцӏун гьечӏо магӏарухъе ругел маршрутаздаги. Гӏемерисел бакӏал руго гӏицӏал авлахъал, мугӏрул, щобал. Амма цо рахъалъ босани, чанги бакӏал руго щибго хӏинкъи гьечӏолъиялъул шартӏал гӏуцӏизе рес гьечӏелги. Мисалалъе, Гьоор росдал сиял ругеб бакӏ. Гьеб буго кьурул рагӏалда. Щиб гьениб гьабилеб, кин гьеб бакӏ къалеб? Гьеб буго ралъдал рагӏал сверун чали гьаби гӏадаб жо.\nАмма цо-цо туристалги руго тӏасан ккарал. Нижер гьаниб тӏадагьаб ретӏа-къай бегьуларин, хъалиян бухӏизе, чагъир гьекъезе гьукъараб бугин абуниги, гӏенеккуларо. Квешаб бакӏ бугищ-гьечӏищали пикруго гьабичӏого, кьурул рагӏалде рекерула сэлфи гьабизе, видео бахъизе, — ин бицана Гь. Каримовас.\nКъокъго абуни, чанги жо бугин туристазда хурхун гьабулеб хӏалтӏулъ тӏаса квер босун хутӏарабин рикӏкӏунеб буго гьес.\nХунздерил Цӏолбокь рагӏалда ккараб хӏужаялда хурхун гьадин бицана райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель Хӏамид Гьитӏиновас:\n— Гьеб хӏинкъи бугеб бакӏ бугилан бицунел игӏланалги чӏван, кьурул рагӏалде щвелалде цебе бугеб бакӏ сверун къан цӏуна-къаялъул тадбирал гьарун рукӏана нижеца. Гьеб иш ккун хадуб жеги тӏаде цӏикӏкӏинаруна гьелго игӏланалги щулалъабиги. Амма гьаруниги щиб, гьезда тӏасанги кӏанцӏун унел ругелъул гӏемерисел туристал. Бегьуларин, хӏинкъи бугин абуниги, санцин гьабулеб гьечӏо. Низам цӏунулел хӏалтӏухъабицин тана нижеца гьенир (Цӏолбокь). Аза-азар туристазул щивасда аскӏов эхетун, гьезие насихӏатал гьаризе нижерги ресги, заманги, къуватги букӏунаро.\nГьединал ишал ккедал хӏакимзабазде гӏайиб гьабизе гӏедегӏула. Нижги тӏатӏала квералги лъун чӏун гьечӏо. Хунзахъ къварилъиялъул халалъи буго 130 метр. Гьеб кинабго сверун къазе гӏураб гӏарцул сурсат районалъул администрациялъул гьечӏо. Исана лъазабун буго тендер гьеб сверун къаялъул хӏалтӏаби гьаризе, 4 миллионгун 300 азарго гъурущ харж гьабизе ккола. Гьеб гӏарац щведал тӏубан сверун къала гьеб.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "19348-kerimovasul-kumek-kamilaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19348-kerimovasul-kumek-kamilaro", "title": "Керимовасул кумек камиларо", "date": "2022-08-05 09:29:46", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялдаги Каспийскиялдаги гьоркьоб бакӏалда, Гӏиса аварагасул (гӏ.с.) цӏаралда, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб рухӏияб централде щвана ДРялъул бетӏер Сергей Меликов, сенатор Сулейман Керимов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаров.\nГьезда дандчӏвай гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмадафандица.\nГьез хал-шал гьабуна рухӏияб централда ва гьенибго свалат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул цӏаралда балеб бугеб мажгиталда хӏалтӏаби гьариялъул иш унеб бугеб куцалъухъ.\nСулейман Керимовас абуна Дагъистаналъул халкъалда цебе жинда тӏадаб бугин гьаб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабиялъе квербакъи гьабизе. Дагъистаналъул бетӏерас гьесие кӏудияб баркала кьуна ва абуна жив цӏакъ вохарав вугин гьадинав чи ракьцоявги гьудулги вукӏиналдаса. Тӏадеги жубана хӏукуматалъги мажгиталъе кӏвараб кумек гьабизе бугилан.\nРухӏияб централъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Мухӏамадовас бицухъе, С. Керимовас цебеги гьабулаан гӏезегӏан кумек гьарулел хӏалтӏабазе ва гьанжеги абуна мажгит бан лъугӏизабиялъул иш жинца тӏаде босулеб бугин.\n— Гьелдаго цебе ДРялъул бетӏерасги абун букӏана хӏукуматалъул бюджетиял гурел харжаздаса маж- гиталъул тӏох баялъе кумек гьабизе бугилан. Гьеб мурадалъе гӏоло Дагъистаналъул хӏукуматалъ 300 миллион гъурущ биччазе буго, — ян абуна М. Мухӏамадовас.\nДагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-афандица гьезие баркала кьуна ва тӏаде жубана жакъа къоялдаса нахъе нилъ киназго квербакъи гьабуни, мажгит баялъул хӏалтӏи рагӏалде бахъине бу- гин. Рухӏияб центрин абуни бан лъугӏизабизе ракӏалда буго 2025 соналдехун.\nГьенибго Сулейман Керимов дандчӏвана Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда къадаралде щварал гӏолохъабазул хӏежалдаса руссарал гӏага-божаралгунги. Гьез Суле мание баркала кьуна, жидер анищги тӏубан, хирияб ракьалде хӏеж гьабизе ритӏаралъухъ.\nМухӏамад ХӏАМЗАЕВ"}
{"slug": "19349-l-imgi-l-el-mukh-al-k-achiaze-giaratsgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19349-l-imgi-l-el-mukh-al-k-achiaze-giaratsgi", "title": "Лъимги лъел мухъал къачӏазе гӏарацги", "date": "2022-08-05 09:34:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Кӏиабилеб августалда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана Гъизилюрт шагьаралъул лъел мухъазул суал. Гьезул гӏемерисел басралъун, некӏого хисизе заман щун, цо-цоял абуни, тӏуранго турун ругин бицана гьеб данделъиялда. Гьединабго хӏал рагӏула хъублъи жанисан чвахулел рогӏразулги. Гьезул цо бутӏа цӏияздалъун хисун, бегьулел къачӏазе ругин абуна премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\n40000 чияс жаниб гӏумру гьабулеб Гъизилюрт шагьаралде гьекъолеб лъим бачӏунеб буго «МиякьоМахӏачхъала» лъел мухъдасан. Гьенисанго гьеб лъим бикьун унеб буго хъублъи бацӏцӏад гьабулел рогӏразухъеги.\nАмма тӏубараб шагьаралъе кӏудияб гӏунгутӏилъун жакъа буго гӏемерисел гьел лъим кьабулел мухъалги, хъублъи жанисан унел маххул турбабиги басралъун, турун инелде ккун рукӏин. Гӏаммаб куцалда босани, гьел лъел мухъазул 78 процент рагӏула цӏакъго басралъун. Амма тӏубараб шагьаралъе кӏудияб гӏунгутӏилъун жакъа буго гӏемерисел гьел лъим кьабулел мухъалги, хъублъи жанисан унел маххул турбабиги басралъун, турун инелде ккун рукӏин. Гӏаммаб куцалда босани, гьел лъел мухъазул 78 процент рагӏула цӏакъго басралъун.\nШагьар къотӏун гьекъолеб лъим жанисан унел 176 км ругел лъел мухъазул, бащдалниги гьабсагӏатго хисизе кколеб хӏалалда руго. Рогӏрал басралъун рукӏиналъ камулел гьечӏо хӏужаби лъим чороклъиялъулги. Гьеб гуребги, басриял турбабазухъан чвахун унеб лъел 15 процент щолелъубе щвечӏого, ай гӏодобе чвахиялъулги хӏужаби руго.\nГьединаб хӏал буго жакъа Гъизилюрт шагьаралда лъим унел мухъазул.\nХӏукуматалда букӏараб данделъиялда бицана гьел мухъал къачӏазе гӏарац кьезе бугилан. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, гьабсагӏат проекталъулгун сметаялъул документал хӏадур гьарулел руго, Гъизилюрталда ва Цӏияб Сулахъ росулъ лъел рогӏрал хисизе гӏарац биччазе букӏине.\nГьенибго борхана Гъизилюрт шагьаралъул «Новый» абураб микрорайоналда цӏияб ясли-ах хӏалтӏизе биччаялъул суалги."}
{"slug": "19350-tsiuntia-10-chak-al-chivana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19350-tsiuntia-10-chak-al-chivana", "title": "Цӏунтӏа 10 чакъал чӏвана", "date": "2022-08-05 09:37:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагьалъ цебе Цӏунтӏа районалъул Кидеро росулъ ичӏго сон барав васасда тӏад речӏчӏана чакъал.\nРохьил рагӏаллъуда расандулел рукӏарал лъималазде тӏаделъун буго гьеб. Анлъго сон барав Абубакар щола гьелъухъе кквезе. Гьесие хӏалае вахъуна ичӏго сон барав Ахӏмад. Цинги вацги виччан тун, гьесда тӏад речӏчӏула чакъал ва гьелъ гьев чӏвала.\nГьеб лъугьа-бахъин ккун ха- дуб республикаялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул министер- ствоялъ Цӏунтӏа районалде битӏана чанахъабазул ва егеразул къокъа. Гьезухъе чӏвазе щола гьеб чакъалги. Кинабниги гьез чӏван буго анцӏгониги жанавар.\nЖидер мухъалда бацӏал кидаго рукӏанин, амма гӏадамазда тӏаде гьел кӏанцӏараб хӏужа цониги нухалъ ккун букӏинчӏин бицана Цӏунтӏа районалъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамад Мухӏамадовас. Чакъалалин абуни, жидер мухъалде рачӏаралдаса 15- 20 сон бугин ва гьел рачӏун ратизе бегьулин Чачан республикаялдаса- ян бицана гьес.\nЩибха гьабизе кколеб гьединал лъугьа-бахъинал ккани? Гьезда гамачӏ яги цоги щиб букӏаниги речӏчӏизе лъугьине бегьуларо. Бищун лъикӏаб жо буго ахӏдон, гьаркьал гьарун гьеб нахъе бачахъи. Гьаркьал гьаруни, хӏинкъун, аскӏоса нахъе ине рес буго чакъал."}
{"slug": "19351-nil-er-mukhiu-mukhiu-gialiev-gavuraldasa-82-son-tiubayalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19351-nil-er-mukhiu-mukhiu-gialiev-gavuraldasa-82-son-tiubayalde", "title": "Нилъер Мухӏу (Мухӏу Гӏалиев гьавуралдаса 82 сон тӏубаялде)", "date": "2022-08-05 09:42:22", "categories": ["insan"], "text": "Лъимерлъиялъул лахӏзатал\nШколалда цӏалулеб заманалдаго, гъира букӏунаан нижер, цӏалдохъабазул, Гӏалил Мухӏугун дандчӏвазе. Цӏакъ бокьулаан гьесул, инсулго гӏадаб, гӏакъилаб каламалъухъ гӏенеккизе. Лъималазулги дагӏба-къец букӏунаан Мухӏуда хьолбохъ чӏун лъие щвезе бугеб сурат бахъизеяли. Дандчӏваяздаги киназего бокьулаан гьесда аскӏорегӏан гӏодор чӏезеги.\nГьанжегицин елъизе бачӏуна, лъимерлъуда ккараб кепаб лъагьа-бахъин ракӏалде щведал:\n— Кӏиго-лъабго къоялдасан росулъе Гӏалил Мухӏу вачӏине вугилан хабар рагӏаралдаса, гьев вачӏинегӏан къачӏана дица ретӏине партал. Гъизон букӏинчӏониги, чанги нухалда чурана гурдеги, анцӏго нухалъгӏаги бахъун батила итуги, басриялго хъахӏал хьитазда бахана, дирго цӏиял кенчӏолел хьитал лъугьине, чӏегӏераб мазьги. Гьеб къоялде цӏиял бантикалги рукӏана росун, Хъаладухъеги ун. Росдал тукада ричулел рукӏаразда рекъечӏогоха дун.\nГьедин къачӏаялъе гӏиллаги букӏана – Гӏалил Мухӏуда аскӏой чӏун сурат бахъи. Доб мехалдаги, цӏакъго тӏадегӏанал, ишал-хъулухъазда гьечӏониги, росдацаго адаб гьабулаан гӏадатияб хъизамалда гӏурав ва тарбия щварав гӏадатияв гурев инсанасул.\nГьел къоялги цӏакъго халатал рукӏана дие, сардалги рогьунелго рукӏинчӏо.\nАхир-къадги тӏаде щвана Мухӏу вачӏунеб къо. Гьеб букӏун батизе кколаха тӏоцебе дида гьев вихьулеб къоги. Букӏана дандчӏвай, нилъалзукь кверги чӏван, дун гьес бицунелъухъ, бичӏчӏаниги бичӏчӏичӏониги, гӏенеккун йикӏана. Къваригӏун букӏана сурат бахъизе. Амма, талихӏкъосин гӏеларищха, дие рес ккечӏо, гьесда аскӏойги чӏун сурат бахъизе. Киназего бокьун букӏана гьев вихьизе, гьесулгун гара-чӏвари гьабизе.\nБерзул нур свине хӏалалда къачӏан йикӏарай дир гӏемер гӏодиялъ берал багӏарлъун рукӏана. Гьеб къоялъ Мухӏу Хунзахъеги ине кколаан. Ячун дунгун эбел йилълъана Хунзахъе. Ва гьениб бахъана дица Гӏалил Мухӏуда аскӏойги чӏун сурат.\nМашаАллагьха, дие гьаб суратги букӏараб хирияб – гӏемер гӏакъуба бихьидалха, гьеб балагьулебги. Гьебги босун районалъул «Росдал захӏматчи» газеталдеги ун йикӏана дун. Гьениб суратги Мухӏул хӏакъалъулъ дицаго хъвараб кечӏги бахъун бачӏараб къоялъ, дун йоххиялъ битӏахъего анкьабилей зодой йикӏун ятила. Жеги цебеса унаро, гьитӏинай дие жинда аскӏой сурат бахъизе бокьун бугин абидал, гьев велъараб куц.\n— Хуриса Гӏалил Мухӏу\nВуго жакъа вачӏунев.\nГьесулгун дандчӏваялде\nДунги хӏадурлъун йиго.\nЖакъа вихьила дида\nДирго гьудулалъул вац.\nГьесда аскӏой чӏун сурат\nБахъизе бугеб гъира!\nНижер росу чӏухӏарав,\nЧӏухӏи лъаларев Мухӏу,\nЦӏалила дун, хӏалтӏила,\nДудасан мисал босун.\nТӏануси рикӏкӏине щвечӏеб гьаб кечӏ, Хунзахъ рикӏкӏана дица Мухӏуе.\nАна сонал. Гӏуна дун кӏудияй. Рагӏана Хуриса Гӏалил гӏакъилав вас Мухӏул хӏакъалъулъ рицунел харбал. Рагӏула гьесул ракӏбацӏцӏиялъеги унго-унго магӏаруласул яхӏ-намусалъеги кьолеб тӏадегӏанаб къиматалъул.\nЧанги кӏуди-кӏудиял хъулухъазде кканиги, Мухӏу хутӏана гьитӏинавлъун, гӏадатиявлъун. Гьеле гьеб гӏадатлъиялъ жакъаги хасаб берцинлъи кьола Хуриса Гӏалил минаялъе. Росу бакьулъ эхетараб гьелда берчӏвайдал, цеве вачӏуна, инсулго гӏадаб гӏакъилаб каламалъул Мухӏу.\nГьесухъ гӏенеккизе дие рес щвана, президентлъиялдасаги нахъе араб заманалда, жиндирго цӏиял тӏахьазул цереросиялда. Гьеб букӏана Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъги гьелъул букӏинеселъул ургъалидаги вугев дагъистаниясул кӏалъай. Гьелъулъ букӏинчӏо кинабгӏаги чӏобоголъи, гьеб букӏана ракӏунтараб, ургъалабазул цӏураб калам. Вачӏуна Мухӏу гӏагараб росулъе. Ва ниж киналго гӏедегӏула нижерго Мухӏухъе, бокьула, доб кидаялиго лъимерлъуда гӏадин, гьесухъ гӏенеккизе ва аскӏой чӏун сурат бахъизе. Ракӏ бохизабула росуцоязухъ, хасго харабазухъ, урхъарал чӏалгӏарал гьесул берал рихьидал. Гьезулъ бугин ккола цо кинабалиго пашманлъиги:\n— Къоялдаса къоялде гӏагараб Дагъистаналда тӏегьан бачӏунеб бугеб ришватчилъиги, лъайхъваял гьечӏого щоларел хъулухъалги, хъулухъазда ругел цо-цоязул миллатчилъиги, инсул ирс бикьулел ругел гӏадин, Дагъистаналъул бечелъи бикьулел цогидалги, мугь чӏвалеб бакӏ бугезе гурони щоларел шапакъаталги. Гьеб киналъго рахӏат хвезабулеб батила гьесулги. Жакъа жиндирго гӏумруялъул, нахъа тарал сухъмахъазул шагьраялъул хӏисаб гӏемер гьабулеб батила гвангъараб гӏумруялъул кӏудияб хӏалбихьи бугев гӏакъилас. Амма дир ракӏчӏола, аралъухъе нахъвуссун валагьани, гьесда гьениб батизе гьечӏо щибго ракӏбухӏизе жо. Гьесул хӏакъалъулъ гӏагараб халкъалъ абизе гьечӏо ришватчи, хӏалихьат, чӏвадарухъан вукӏанин.\nГьелдаса кӏудияб талихӏги щибха букӏинеб кӏудиял ишазул бетӏерлъуда вукӏарав инсанасе. Щибаб соналда, август тӏаде щолелъул, бокьула гьев тӏадегӏанав инсанасул хӏакъалъулъ хъвазе. Тӏад-тӏадюссун цӏалула гьесул тӏахьал, ва ботӏролъе рачӏуна гӏемер батӏи-батӏиял пикраби. Хуриса Гӏалил гӏумруялъул дарсаз кӏудияб гъалатӏазул, заз-хъарахъалъул цӏураб дунялалде нухарегӏарав инсул мустахӏикъав васасда хьол- бохъ кидаго рукӏун ратила инсул гӏакъилаб каламги гӏагараб халкъалъул жинде бугеб кӏудияб божилъиги. Гьел дарсазги божилъиялъги течӏо Мухӏу къисматалъул хӏокӏаздасан таризе цогӏаги нухалда. Гьез Мухӏуе кьуна кӏудияб къуват. Гьелъул кумекалдалъун гьесда кӏвана, гьесухъа бажарана тӏадегӏанал хъулухъазда вукӏаниги, гӏадатияб халкъгун хутӏизе. Гьес нахъа тана цӏакъго рацӏцӏадал, цо-цо хӏакимчагӏазе къанагӏаталлъун кколел ракӏбацӏцӏалъиялъул лъалкӏал.\nЖивго дунялалде вачӏунелъул, цадахъ бачӏараб цӏва гьесдаса пашманлъичӏо – Мухӏу Гӏалиевас тӏубазабуна инсанасул аслияб борч – гӏемерал гӏадамазе пайдаявлъун вукӏин. Гьел гӏицӏго дир пикраби гуро. Гьедин жакъаги абула дунго гӏадал гӏадатиял гӏадамазги. Гвангъана цоги цӏва дир гӏагараб росдал зодихъ. 1940 соналъул анлъабилеб августалда кунчӏараб гьелъ канлъи кьезе буго жеги чанго гӏасрабаз, чанго гӏелазе.\nМун — Хуриса Гӏалил къадру бугев вас\nГьале доб Хуриса Гӏалил мина. Гьаниб гӏунщинаб, тӏегьанщинаб гӏакъиллъи! Гьаб гӏадатияб миналъ кӏудияб дунялалде нухарегӏанщинаб пагьму-гьунар.\nГьале жакъаги дун гьеб минаялда цее эхетун. Цӏигьабун балеб бугониги, гьелъул хаслъи нахъе цӏунун хутӏулеб бугин ккола. Гьеб кидаго хутӏизе буго Хуриса Гӏалил миналъун. Балъголъ- абазул цӏураб хӏикматаб рукълъун. Гьаниса боржанщинаб анищ, гьаниб гъасда камиллъарабщи- наб гӏакълу. Гьаниб бижанщинаб тӏадегӏанлъи, батанщинаб борхалъи. Гьениса дунялалдаго рагӏана унго-унгояв магӏаруласул намусалъ- ул бацӏцӏадаб гьаракь. Гьеб Намусалда цӏарги буго Мухӏу Гӏалиев. Гьениб ана гьесул лъимер- лъи. Жибго гӏумруялъги, хадув гӏаламалъги кӏодо гьавуниги, жиндирго гӏадатлъиялъги гӏакъиллъиялъги гьитӏинавлъун хутӏарав инса- насул гӏадатияб мина. Диеги гӏагараб буго гьеб. Дир лъимерлъиялъул цо-цо талихӏал лахӏзаталги рекьун руго гьенир – Хуриса Гӏалил Маржанатги дунги цо классалда цӏалулел рукӏана, ва гӏемер унаан гьение гьейгун расанкӏаби хӏазе. Гьанжеги, гьеб минаялде цее щолелъул, чӏвала дида Хуриса Гӏалил Патӏиматил гӏатӏахинкӏазулги цӏурачадазулги махӏ. Нижер Мухӏу. Гьедин, рекӏелъ кӏудияб чӏухӏигун ва рохелгун абула жакъаги тӏанусдерица.\nДида ккола Тӏадегӏанас, инсан ракьалде витӏулаго, гьесдаго цадахъ гьесул цӏваги битӏулеб батилилан. Цӏва ракьалдагойищ хутӏилеб, зобалаздаги ракьалдаги гьоркьобищ хутӏилеб, яги борхалъудасанракьалъе гвангъийищ кьелебали – цӏваялъул хадусеб къисмат бараб буго Тӏадегӏанас гьелъул божел жинде гьабун тарасда.\nМухӏул цӏваялъул къисмат батана цӏакъго берцинлъи гьарзаяб. Гьеб жакъаги буго къадруяб тӏадегӏанлъиялда, гьев лъалелщиназул ракӏазе хинлъиги кьолаго. Дица цӏваялъулгун кӏалъай гьабулеб буго. Согӏаб гӏумруялъул хьухьазда хьухьазабизе кӏвечӏеб гьелъул гӏаркьалида къисматалъул куназ балеб буго ункъоабилеб чӏум.\nГьале тӏоцебесеб – жиндирго цӏвагун Мухӏу ракьалде вачӏараб лахӏзат. Кӏиабилеб…, анцӏабилеб…, анцӏила щуабилеб…, лъабкъоабилеб…, лъабкъоялда анцӏабилеб – гӏагараб халкъалъул гӏумру цӏилъизабиялъул, Дагъистан цебетӏезабиялъул къеркьохъан. Ункъоабилеб, ункъоялда кӏиабилеб — яхӏ-намусалъулги, тӏадегӏанлъи-борхалъиялъулги, гӏаданлъичилъиялъулги тахалъе хилиплъичӏев магӏаруласул гьайбатаб гӏумру.\nГвангъун буго Хуриса Гӏалил Мухӏул цӏва. Унго, долъул берцинлъи!\nХунзахъ тӏалъиялъул бищунго борхалъуда бугеб Тӏанусисан бихьула доб цӏваялде данде кенчӏолеб цӏаги. Гьеб буго росуцояз, Мухӏул цӏва абидиялъго кунчӏун букӏине гӏоло, борхалъуде битӏулеб адабалъул ва рокьул цӏураб цӏа.\nНахъюссунги ялагьулей йиго дун Хуриса Гӏалил минаялъухъ.\nТалихӏаб лъимерлъи, кьварарав инсул къвакӏараб тарбия, «институтал цӏалун рахъинчӏониги», Хуриса Гӏалил букӏараб гӏакъиллъиги, гӏадамаздехун гӏадатаб ва гӏаданлъиялъулаб бербалагьиги, халкъалъе кӏодолъанагӏан, гьитӏинавлъун хутӏизе кӏварав, гьитӏинлъанагӏан тӏадегӏанлъиялде арав инсанасул хӏакъалъулъ пикраби гьаридал, цо-цо къварилъизеги бачӏуна.\nКӏолеб гьечӏо магӏу кквезеги. Сардил сихӏкъотӏи… Дица бегулеб буго Мухӏу Гӏалиевасул тӏехь. Гьелъул гьурмаздасан гӏагараб халкъалъе гьимулеб буго намусалъул накъищаз бекӏкӏараб гьесул сипат.\nКинаб къуватха къваригӏунеб инсанасе, гьадинавлъун хутӏизе ккани!? Гьале доб бечедаб ирсги унго-унгояб талихӏги.\nГвангъун буго Мухӏу Гӏалиевасул цӏва. Беролеб буго Мухӏу Гӏалиевасул цӏа.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "19353-gitiinab-rosul-a-kiudiyab-dunyalalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19353-gitiinab-rosul-a-kiudiyab-dunyalalde", "title": "Гьитӏинаб росулъа – кӏудияб дунялалде", "date": "2022-08-05 09:44:28", "categories": ["insan"], "text": "Лъаратӏа районалъул Гъебгъуда росулъа, росдал колхозалъул председателасул 9 лъималазда гьоркьов ункъабилев вас философлъун вахъиналда гӏажаиблъи гьабизе бегьула. Амма Рамазан лъикӏ лъалел чагӏаз гьелда щибниги гӏажаиблъи гьабуларо. Рикӏкӏадал мугӏрузда гӏурав, мугӏрузул кьварараб хасият жиндие насиблъарав гӏолиласул рекӏел тӏиналда гьитӏинаб къоялдаса нахъе бахчун букӏана гӏакъиллъиялдеги, све- рухъ бугеб дуниялалъул — мугӏрузулги зоб-ракьалъулги, гъутӏбузулги, инсанасулги гъваридаб цӏех-рех гьабизе бугеб шавкъ. Щибаб цӏияб къоялъ сверухълъиялъ жиндие рагьулел ругел гӏаламатазул балъголъаби лъазе кӏудияб гъира букӏана гьесул.\nФилософия динлъун лъугьине рес буго: масала-конфуцианство. Дин ккола философиялъул тайпабазул цояб. Гьелъул авторги ккола живго Бетӏергьан. Бетӏергьан ккола инсанас живго кӏодо гьавизе ургъараб нилъер «тӏох», живго гӏодовегӏанги гьавун — тӏокӏав щивниги кӏодо гьавичӏого вукӏине ва лъиениги живго гӏодовегӏан гьавизе рес кьечӏого букӏине. Дагъистан гӏемерисез рикӏкӏуна «Суфистазул ватӏанлъун». Гьеб буго исламалъул нух, классикияб исламалъул философиялъул аслияб мазгьаб. Гьелъ тӏибитӏизабула аскетизмги рухӏияб рахъги. Гьеб щущан ун, мугӏрузул гьаваялда гъорлъ босун буго, гьеб буго гӏадамазул гьоркьоблъиялда гъорлъги, гьелъ рихьизарула чанго гӏасрабазул тарих бугел рухӏиял магӏданалги гьезул кӏвар бугел мурадалгун масъалабиги.\nБечедаб рухӏияб рахъалъ инсан ахӏула гӏакъиллъиялде, гьеб ракӏалдаго гьечӏого тӏатуна, гьитӏинаб къоялдаса нахъе хасал лъугьа-бахъиназдеги гӏадамаздеги гьоркьове ккарав инсанасулъ. «Хӏакъикъат цӏехезе бугеб гучаб шавкъалъги хӏасраталъги» тӏамуна жеги рагьичӏел балъголъабазул цӏех-рех гьабизе. Мугӏрул… Гӏицӏго мугӏруз куцана ккараб бакӏалда хӏукму гьабизе ва цебе лъураб масъалаялъухъе ине таваккалги хӏинкъи гьечӏолъиги.\nДун цӏализе лъугьана ДГУялъул историкияб факультеталде. Армиялда хъулухъ тӏубалаго, медицинаялъул хъулухъалъул старшина университеталде цӏализе лъугьунищ? Бокьарав чиясул ботӏролъе бачӏунаро гьединаб пикру. Дун цӏализе лъугьана заочно, факультетги цебеккараб гуро тӏаса бищун букӏараб. Гьеб заманалдехун дица тӏадчӏун гӏезегӏан гӏакъилал тӏахьал цӏалун рукӏана. Гьез къватӏибе гьурщараб гӏакъиллъиялъ дир жанисеб дунял цӏезабулеб ва дида битӏараб нух малъулеб букӏана. «Тарих — гӏумруялъул насихӏатчи ккола», — ян абулеб букӏун буго Цицероница. «Цебе букӏаралъул цӏехрех гьабулаго цӏиябги лъала», — ян рикӏкӏунеб букӏун буго япониязги. Гегелица абун буго «тарих гьечӏого я инсаният, я тӏабигӏат бичӏчӏизе рес гьечӏин». Дир гучаб гъира букӏана щив кколев инсан ва сундуе гьев вижун вугевали бичӏчӏизе. Амма, дир пикруялда, цӏаларабщиналдасан гьеб бичӏчӏизе рес букӏана гьеб кинабго мухӏканго тартибалда лъураб мехалъ. Амма гьеб рес кьолаан тарихалъги философиялъги. Хадубккун бичӏчӏана маданияталъги кьолеблъи.\nДир рекӏелъ даим хутӏана инсул гьадинаб насихӏат: «Гьекъолдиялъ инсанасул бетӏер гӏадаллъизабула, цӏалдеялъ — гӏакъилаблъун гьабула. Гӏелмуялъул бищун борхатаб тӏогьиве вахинчӏого мун чӏоге. Дур цӏалуде гъира бугелъул, кӏудияв гӏалимчилъун вахъинегӏан, мун цӏалде. Гьабизе байбихьараб иш рехун тоге. Дур лъайги гӏумруги гӏадатиял гӏадамазе мугъчӏвалеб хӏубилъун букӏине биччай. Дуда гӏумруги гӏадамалги лъикӏ ричӏчӏула, гьезул къварилъаби-ургъалабазулги дуе ургъел букӏуна. Гьединлъидал дур лъикӏав нухмалъулев лъугьине вуго», — ян.\nАспирантураялде лъугьинин абураб пикру тӏоцебе ботӏролъе бачӏана, тарихчиясул дипломги щун, партиялъул райкомалда хӏалтӏулеб мехалъ. Дир ракьцоязда гьединаб тӏадегӏанаб лъаялъул кадраби хӏадур гьарулеб къагӏида букӏинцин лъалароан. Гьеб мехалдаго дун тӏуванго машгъуллъун вукӏана хӏалтӏи-ишалде. Амма гьеб заманалда дида хӏалтӏулъ гӏемерал захӏмалъаби дандчӏвана, дир пикрабиги мурадалги церетӏеялъе квалквал гьабизе байбихьана. Амма дие бокьарабги гӏемер букӏана — киналго хӏикмалъизаризеги, дунялго кодобе босизеги, дирго талихӏ батизеги. Амма гӏадада гуреблъидалха гьитӏинаб къоялдаса нахъе киб батарабги гӏакъиллъи дирго чорхолъе биччалеб букӏараб. «Гӏакъиллъи талихӏалъул кумекчи ккола», — ян абураб кици буго Кавказалъул халкъалъул. Бищунго дие бокьун букӏана дирго инсуда цеве дунго кӏудияв гӏезе.\nДир хъвай-хъвагӏаязул даптаралда бищунго хӏурматияб, бихьулеб бакӏалда рукӏана гьал рагӏаби: «Лъай тӏалаб гьабизе бугеб хӏасратги гъираги — бищунго лъикӏал хасиятазул цояб буго», — ян.\nАмма цӏализе инеги бажари букӏине кколаан — заман букӏана гье- динаб. Гьедин, гӏемер ургъичӏого дун къватӏиве вахъана Махӏачхъалаялде, мацӏалъул, тарихалъул ва адабияталъул институталъул директор Хӏажи Хӏамзатовасухъе. Дида дандчӏвай гьабуна цӏодорав ва гӏакъилав инсанас. Лъаларо, киса дилъе гьединаб бахӏарчилъиги ракӏчӏейги бачӏарабали, жаниве лъу гьунаго абуна: «Хӏажи Хӏамзатович, дие гӏоло я кӏал кӏалъазе духъе витӏизе чи, я ришваталъе кьезе ша- гьи-пара дир чвантиниб гьечӏо, амма кӏудияб гъира буго аспирантураял- да цӏализе», — ян. Гьев цо лахӏзаталъ вуцӏцӏухӏунги чӏун, валагьун чӏана дихъ, хадуб, гьимизеги гьимун, абу- на: «Гьедин тавакалго, чӏванкъотӏун дида аскӏове вачӏарав чи ккечӏо жеги. Мун вачӏана унго-унгояв бихьинчи гӏадин, дицаги, бихьинчияс гӏадин, дуе аспирантураялда бакӏ балагьи- ла», — ян.\nГьелдаса нахъе бащдаб гӏасругӏан заман аниги, щиб гьелъие гӏиллалъун ккарабилан дида абизе кӏоларо, амма гьеб къоялдаса нахъе дица кидаго гьедин гьабулаан. Кӏиго-лъабго моцӏидасан Хӏажи Хӏамзатович кӏалъан вачӏана ва абуна Ленингра- далъул университеталъул философияб факультеталда бакӏ бугилан.\nДида гьев инсан киданиги кӏочон толаро — гьединал гӏадамаз ккун бугин инсанияталъул гӏумруялъул гӏуцӏиян абизе бегьула.\nДида гӏемер гьикъула, щайила мун, тарихчи, аслиябгӏаги философиялъул лъайги гьечӏого, фило- софиялъул аспирантураялде аравилан. Лъабго курс лъугӏидал дица лъай кьеялъул министрасда гьарулеб букӏана дун Москваялъул ялъуни Ленинградалъул университеталде философиялъул факультеталде лъугьинавейилан. Амма гьавичӏо. Философияги историяги цӏакъ цоцазда хурхарал жал руго. Гӏамм гьабун абуни, дир тӏолабго гӏолохъанлъи букӏана философиялъул борхалъабазде лъолеб кӏудияб галилъун. Бищун цебе медицинаялъул хӏалтӏи – «философияги медицинаги цогоял жаллъун» гурищ Демокритица рикӏкӏунеб букӏараб? Жеги лъимерлъудаго рукӏарал шигӏраби хъвазе гьарурал хӏалбихьиялги, хадубккун кечӏ-бакъаналдаги живописалдаги гьарурал цӏех-рехазги дир рекӏелъ тӏабигӏаталъулги хӏакъикъаталъулги расенал угьараб берцинаб сурат лъугьунеб букӏана. Гӏадада гуреблъидалха нилъер ракь гӏакъилал гӏадамазул цӏураб бугеб, хӏакъикъаталдаги, Дагъистан буго суфистазул ватӏан.\nДандекквеха гьанже гучал, кьва- рарал мугӏрулги Неваялда тӏад бугеб, ункъбокӏонал фигурабаздасан гӏуцӏараб шагьарги. Гьединлъидал дир доб мехалъ, рикӏкӏадаб Гъебгъуда росулъа вачӏарав, тӏоцебе Петербургалъул ракьалда хӏетӏе чӏолев вугев гӏолиласул рекӏелъ букӏараб дагьабго хӏинкъиги хаган хутӏиги бичӏчӏизе бегьула. Дица гӏемер абулаан Ленингралда «Петрил шагьарилан». Магӏарухълъиги, хӏатта Махӏачхъалаги гьеб кӏудияб шагьаргун дандеккураб мехалъ, бичӏчӏана дида берцинлъиги батӏибатӏияб букӏунеблъи. Кӏиго батӏияб тӏабгӏалъул чи кигӏан цоцазе гӏагарлъизе бегьулебали бичӏчӏана философияб факультеталда аспирантураялъул отделалъул нухмалъулев Игорь Борисович Вишневский дандчӏвайдал. Цадахъго гьес дарсал кьолел рукӏана кафедраялда ва вукӏана штанга борхиялъул рахъалъ спорталъул мастерлъун. Нижер бачӏинахъего ракӏрагьараб, божараб гьоркьоблъи лъугьана.\nДунги Кавказалда гӏурав чилъидал — тӏоцебесеб сордоялъго дица гьев ахӏана Невский къотӏноб бугеб «Кавказ» рестораналде. Гьелда ниж чӏечӏо, хадубккунги 2-3 нухалъниги ана гьевгун батӏи-батӏиял рестора- назде ва лъикӏал гьудулзабилъун лъугьана. Гьесдасан лъана дида гӏурус ракьалда гӏурал гӏадамазул рекӏел гӏатӏилъи. Гьел рестораназда гӏарац кьезеги виччалароан гьес дун, гьелдаса хадуб жиндихъего рокъовеги ахӏана. Хадусеб къоялъго дие общежитиялда бакӏги щвана, амма бокьараб мехалъ аниги цӏияв гьудуласул рукъалъул нуцӏби дие кидаго рагьарал рукӏана.\nАспирантураялъул суалги тӏубазабун, лъикӏал къиматазда экзаменалги кьун, дун ана ракьцоязулгун къо-лъикӏ гьабизе. Ва гьале дун — Гъебгъуда. Киназулгун къо-лъикӏ гьабулеб лахӏзат… Партиялъул райкомалъ дида щибго абичӏо — дирго гьениб букӏараб отделалъул нухмалъулесул заместительлъиги тун аспирантураялде лъугьине ин битӏараб ишлъун рикӏкӏунеб букӏинчӏо гье- ниб. Палхӏасил, жахӏда гьабулев чи ккечӏо, гьеб лъикӏги ккана. Гӏагараб росулъги ракьцоясул хӏукмуялда раз- илъулев чи гӏемер ккечӏо. Гьедин, дир рукъалъул кӏалтӏа гӏодов чӏун вукӏаго, аскӏовеги вачӏун вехь Сахратулаца абуна: «Дуца лъугӏизабуна институт, хӏалтӏулев вуго партиялъул райкомалда, живго колхозалъул председательгицин хӏинкъулев вуго дукьа. Мунилан абуни, кинабалиго аспирантураялде лъугьинехъин вуго. Щай дуе гьеб цӏали, дуе бокьун бугеб жого щиб? Мунго балагье, дирги дурги релълъарал носкаби руго», — ян. Гьединал лъугьа-бахъиназул хӏисабги гьабун, дица дагьаб хадуб гьадинал алфазалги хъвана: «Жиндирго жа- гьиллъиялъулгун гӏадаб рекъелги дандеккейги инсанасул гьаб ракьалда сундулго букӏунаро», — ян.\nЛенинградалде вачӏиндал, дун ана аспирантураялъул отделалде. Гьениве щведал, жаниве восиялъул буюрухъалда дирго фамилиялда тӏад цоги батӏияб чӏван бихьана. Кьварарай аспирантураялъул нухмалъулелъ абуна, тӏокӏлъиялдалъун философиялъул факультет лъугӏизабурав щуго студент, ректорасул бихьиза- биялда рекъон аспирантураялде восун вугин. «Дуе, партиялъул чиясе, жеги тӏаде бакӏ кьезе ккола. Исана кьечӏони, тӏадеялъулгӏаги кьезе ба- тила», — ян. Дун ццидахана. «Дуца бицунеб щиб? Гъебгъуда Ленинград гуро. Дун тӏолабго районалъго нуха регӏана гьаниве. Киназдаго лъала дун цӏализе аравлъи. Дица гьезда кин бичӏчӏизабилеб, жидецаго ахӏун арав дир цӏаралда тӏад цоги отличникасул цӏар седон батаниланищ абилеб?» — ан гьикъана гьелда. «Дун гуро гьелъул тӏалаб гьабизе кколей чӏужу. Дие гьелъул щибго ургъелги гьечӏо», — ян кьуна гьелъги жаваб. Ленинградалде вачӏиндал, дун ана аспирантураялъул отделалде. Гьениве щведал, жаниве восиялъул буюрухъалда дирго фамилиялда тӏад цоги батӏияб чӏван бихьана. Кьварарай аспирантураялъул нухмалъулелъ абуна, тӏокӏлъиялдалъун философиялъул факультет лъугӏизабурав щуго студент, ректорасул бихьиза- биялда рекъон аспирантураялде восун вугин. «Дуе, партиялъул чиясе, жеги тӏаде бакӏ кьезе ккола. Исана кьечӏони, тӏадеялъулгӏаги кьезе ба- тила», — ян. Дун ццидахана. «Дуца бицунеб щиб? Гъебгъуда Ленинград гуро. Дун тӏолабго районалъго нуха регӏана гьаниве. Киназдаго лъала дун цӏализе аравлъи. Дица гьезда кин бичӏчӏизабилеб, жидецаго ахӏун арав дир цӏаралда тӏад цоги отличникасул цӏар седон батаниланищ абилеб?» — ан гьикъана гьелда. «Дун гуро гьелъул тӏалаб гьабизе кколей чӏужу. Дие гьелъул щибго ургъелги гьечӏо», — ян кьуна гьелъги жаваб.\nГьелъулгун ккараб гарачӏвариялдаса хадуб, жанахӏалъусан унаго, битӏахъе магӏил гарал гьулчун рачӏунел рукӏана къватӏире. Киве инев, щиб гьабилеб? Амма ккана «тӏадчӏун хӏалтӏарасе гурого икъбал гьимуларо» абураб гӏурусазул кициялда рекъон. Дир пикру ккана КПССалъул ЦКялда хӏалтӏулей лъалей гӏаданалъухъе кумек гьарун кӏалъазе. Хъизаналгун цадахъ санаториялде хӏухьбахъи гьабизе индал ккун букӏана нижер лъай-хъвай. Гӏемер вихха-хочиялъ ккараб жогицин бицун бажаруларого вукӏана дун. Ва рагӏана: «Москваялде вачӏа», — ян абулеб.\nАлександра Глебовна йикӏана ЦКялъул гӏелмуялъул ва лъай кьеялъул идарабазул завотделасул заместителасул секретарь. Гьелъ нухмалъулесе дир ккара-тараб бицана. Гьеб параялъго гьес гьеб суалги тӏубазабуна. Ленинградалде дун щвелалде дида хадуб ахӏи бахъун, дун валагьулел ратана. Хӏатта Дагъистаналдегицин кӏалъан руго. Вачӏун вахъиналде, хъата-масан аспирантураялде ахӏана. Гьений дида, гьурмал кьерги тӏун, дандчӏвана отделалъул нухмалъулей. Гьелда лъазабун буго хӏалтӏул къо лъугӏилалде Гӏабдулатӏипов жаниве восанин абураб буюрухъ хӏадур гьабичӏони, хӏалтӏудаса нахъе рехизе йигин.\nКъо бихьун аспирантураялде нух бахъун хадуб, диде тӏаде бегана аслияб захӏмалъи. Тарихчи-заочник, щиб гьабунги, улкаялъул бищунго лъикӏазул цояблъун рикӏкӏунеб университет тӏокӏлъиялда лъугӏизабурал выпускниказда хадув гъезе кколаан. «Гӏелмуялъул бетӏер — гӏакълу, гӏакълуялъул бетӏер – сабру», — ян абула дагъистанияз. Дица диего гьадинаб низам чӏезабуна: радал ичӏго тӏубаралдаса къаси ичӏго тӏубазегӏан Салтыков-Щедринил цӏаралда бугеб библиотекаялдеги ун, дидаго тӏад хӏалтӏизе, цӏалдезе. Низам дагьаб чучлъизе биччалеб букӏана шамат къоялъ: радал ичӏгоялдаса къаси анлъго тӏубазегӏан. Кафедраялъул данделъабиги лекциялги хӏисабалдеги росичӏого. Дие кӏудияб асар гьабулаан цояздаса цоял лъикӏал гӏалимзабазул гӏакъилаб каламалъ. Цо рагӏи гъоркь течӏого, дир рекӏелъ даим бикӏун хутӏана гьез бицараб- щинаб.\nАмма библиотекаялда тӏоритӏулел тӏубаралго къояз дир психикаялда лъикӏаб кьаби щвезабуна. 12 сагӏат тӏахьазда нахъа рехулев дица, рекӏел тӏиналде хъамуна эркенав магӏаруласул рухӏги хӏалги. Цо-цо мехалъ тӏахьазда нахъаго кьижун ккун ватулаан, цо-цойин абуни, хӏалицаго жаниб хӏебтӏун чӏезабулаан, рескъотӏиялъ къватӏибе борчӏизехъин букӏараб гьаракь. Гьеб мехалъ хӏажатханаялдеги ун, дун биччан гьаракьгун хъегӏулаан, «унти» нахъе хъамулеб киниги. Гьелъул дагьабго кумекги кколаан. Гьединлъидал, «къобихьичӏого гӏелму гьечӏо» абураб кици дида цӏалун гуреб, бихьун бичӏчӏана. Гӏумруялъ дида гӏурусазул хъвадарухъан Лев Толстоясул рагӏабиги ричӏчӏизаруна: «Щиб букӏаниги кӏудияб жо гьабизе ккани, кинабго рухӏги хӏалги цо рахъалдехун буссинабизе ккола», — ян абураб.\nЦоги, дие рекӏеде вачӏине кумек гьабулеб жо букӏана волейбол. Университеталъул тӏаса бищараб командаялъе гӏоло анкьида жаниб кӏицӏул тату хвезегӏан хӏалаан дун. Библио- текаялъулгун волейболалъул низамалда рекъон хӏалтӏана кӏиго соналъ. Гьеб мехалдехун лъикӏаб хӏасилги бихьизабуна — хъван бахъунеб диссертацияги, кӏиго монографиялъе хӏадурараб материалги букӏана. Ро- сулъа васасе гьеб гӏезегӏан лъикӏаб бергьенлъи букӏана. Амма дие гьеб бергьенлъи щвезе ресго букӏинчӏо гӏажаибай чӏужугӏадан Татьяна Бур- мистрова дандчӏвачӏейани. Гьей йикӏана кутакалда берцинай, ракӏ лъикӏай чӏужу. Аскӏор ругезецин къватӏибе гьурщун бачӏунаан гьелъулъ бугеб лъикӏлъиги, къуватги, гӏакъиллъиги. Гьелъие доб мехалъ букӏана 60 сон. Гьелъул дидехун — Кавказалдаса вачӏарав аспирантасдехун букӏана васасдехун гӏадаб хинаб бербалагьи. Гьелъ дида Рамазанчикилан гурого абулароан.\nГьелъухъе гьоболлъухъе щведал, кваназе столалда нахъа, жиндирго росгун гӏодов чӏезавулаан дун. Хадуб гурого байбихьулароан гӏелмуялда тӏасан гара-чӏвари. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида Кавказалъул халкъазул гӏадаб гьоболлъи цогидазеги хасиятаб букӏин.\nБурмистрова йикӏана халкъазул гьоркьоблъиялъул кӏудияй махщелчӏужу. Дагъистаналдаса вачӏарав дие гьеб рахъ байбихьудасанго мухӏканлъана. Дица байбихьудаго абуна дирго гӏелмияв нухмалъулесда дир гьелда тӏад хӏалтӏизе кӏудияб гъираго гьечӏилан. Дие бокьун букӏана живго инсанасда хурхараб суалалъул цӏех-рех гьабизе, «щив чи кколев инсан?» абураб суалалъе жаваб балагьулев вукӏана. Щиб дуда бажарулеб? Татьяна Юрьевнагун цадахъ лъугьун нижеца цӏияб тема ургъана – «Халкъазул гьоркьоблъиялъул гӏуцӏиялда гьоркьов инсан» абураб. Гьеб букӏана доб заманалда цӏакъ интересаб суал. Гьеб темаялда тӏасан цохӏо Бакуялдаса Афранла Дашдамировас хъвараб «Инсанги миллатги» абураб тӏехь гурого биччан букӏинчӏо. Хадуб Дашдамиров хӏалтӏулев вукӏана дица нухмалъи гьабулеб Москваялда бугеб президентасда цебе гӏуцӏараб пачалихъияб хъулухъалъул академиялъул кафедраялда.\nДица хъвараб диссертация бихьидал Татьяна Юрьевнаялъ абуна: «Гьез мун кванан лъугӏизавичӏониха, Рамазанчик. Ахирияб 20 соналъ заман щвелелдего лъицаниги цӏунун букӏинчӏо нижер гьаниб диссертация», — ян. Амма Гӏабдулатӏипов пицӏгӏанги тӏаса вичӏулев вукӏинчӏо, ва гьеб мехалъ гьелъ текст кьуна кафедраялъул нухмалъулев Белых Аккат Калистратовичасухъе. Гьев кутакалда гӏажаиблъун хутӏана заочно вузги лъугӏизабун вачӏарав росулъа вас киназдасаго цеве ккараб мехалъ. Гьес абуна, гьев хӏадурун ватани, диссертация цӏунизе виччайилан. Диссертациялда тӏасан бахӏс гьабуна кафедраялдаги проблемнияб группаялдаги. Къватӏибе кьабун кьуна авторефератги «гӏадатияв гурев» аспирантги вахъана жинцаго хъвараб диссертация цӏунизе. Дица диссертация цӏунулеб мехалъ, курсцоязда гьоркьоса цохӏо Борис Соболевский гурого вачӏинчӏо. Гьев ккола полковник, гӏелмабазул кандидат Игорь Собо- левскиясул эмен. Гьесие дун цӏакъ вокьулаан, сундулъго кверчӏвайги гьабулаан. Бигьаго букӏинчӏо дис- сертация цӏунизе. Амма диссерта- ция цӏунулеб мехалъ квекӏенал гьа- рулел чагӏи камичӏониги, ВАКалъ дир диссертация тасдикъ гьабуна, кафедраялъул ассистентлъун тана. Гьеб мехалда дица дарсал кьолаан университеталъул юридикияб факультеталда. Гьебго заманалда гьенив цӏалулев вукӏана В. В. Путинги. Амма дун хӏалтӏулаан Чехословакиялдаса студентазул къокъагун, гьединлъидал, улкаялъул вукӏинесев бетӏерасулгун доб заманалдаго лъайхъвай букӏанилан рецц-бакъ гьабизе дида кӏвеларо. Тӏоцебе гьениб щвараб лъикӏаб хӏалбихьиялдаса хадуб, нилъер пачалихъалъулги къватӏисел пачалихъазулги анцӏанцӏ лъикӏа-лъикӏал университетазда лекциял цӏализе рес щвана дие. Батӏи-батӏиял соназда нухмалъи гьабуна батӏи-батӏиял кафедрабазе ва Культураялъул университеталъе. Амма Ленинградалъул университеталде жаниве лъугьиндал, дир черхалда гъаргъар бала. Дие гьеб буго цӏакъ рекӏее гӏагараб бакӏги, кӏудияб гӏелмуялъул къебелъиги, чанги машгьурал, кӏудиял гӏадамазул нухалъе кьучӏ лъураб кӏалгӏаги.\n1979 соналда, дун – гӏолохъанав философиял гӏелмабазул кандидат Махӏачхъалаялде тӏад вуссана. Дандчӏвана цебегоялдаса нахъе диргун лъай-хъвай букӏарав педагогикияб университеталъул ректор Ахӏмад Мухӏамадович Ахӏмадовгун. Гьес дица гьенир гьарурал ишазе лъикӏаб къимат кьуна ва абуна сентябралдехун кӏудияв преподавателасул хъулухъ кьелилан. 25 августалдехун дица кинабго хӏадур гьабуна: планги, лекциялги, семинаралги. Ахӏмад Мухӏамадовичас дун кӏудияв преподавательлъун тӏамураб мехалъ дида битӏахъе куркьбал рижана. Ракӏалде кколеб букӏана гӏумру тӏегьалеб за- вал бугин: гӏагараб Ватӏаналде тӏад вуссинги, церехун ругел хӏалтӏулги творчествоялъулги борхалъабазде тӏавап гьабизе хиялазда вугев дунги…Амма кинабго батӏайиса ккана — институтазда киналго хъулхъал рикьун рахъун ратана. Квартира щвезеги рес букӏинчӏо, хӏатта Махӏачхъалаялда прописка гьаби- зецин кӏвечӏо. Цинги къасд ккана Мурманскиялъул тӏадегӏанаб ралъдал инженериялъул училищеялде философиялъулгун гӏелмияб коммунизмалъул кафедраялъул доцентасул бакӏалде гьабулеб конкурсалда гӏахьаллъи гьабизе. Вячеслав Масловасул кверчӏваялдалъун дун гьениве ворчӏана ва таваккалго цӏияб гӏумруялде гали лъуна.\n(Рамазан Гӏабдулатӏиповасул ракӏалде щвеяздаса)"}
{"slug": "19354-gvang-aral-l-alkiazul-sipatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19354-gvang-aral-l-alkiazul-sipatal", "title": "Гвангъарал лъалкӏазул сипатал", "date": "2022-08-05 10:22:28", "categories": ["insan"], "text": "Рамазан Гӏабдулатӏипов. Дипломат. Философ. Дагъистаналъе бетӏерлъи гьабураб магӏарулав. Гьесул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял гӏадамазул руго батӏи-батӏиял пикрабиги. Гьитӏинаб хъизамалдагицин киназулго пикраби цолъулареб мехалда, гӏажаиблъи гьа- бизе ккараб жо гуро гьесул хӏакъалъулъ бицунеб жоги батӏи-батӏияб букӏиналда. Гьаниб дица хъвалеб буго гӏицӏго дирго пикру. Дир гӏумруялъул ахӏилъун ккола инсанасулъ бищун цебе гьесул лъикӏал рахъал рихьизе хӏаракат бахъи. Кинабха букӏараб Дагъистан гьесул нухмалъиялда?\nТӏоцебесеб иргаялда, нилъ тӏад руссана умумузул гъасде ва годекӏанире. Цӏидасанги дандчӏвана миллиял гӏадаталгун ва гӏамалалгун. Миллияб ратӏлил къимат борхана. Рекӏелъ кӏудияб рохел ва миллаталдаса чӏухӏи рещтӏунаан дихъе, миллиял байрамазда миллияб партал ретӏарал бихьиналги руччабиги рихьараб мехалда. Гьев живгоги вачӏунаан магӏарул бихьинчиясда цӏакъ рекъон букӏунеб бухариги лъун. Гьединабго ретӏелги ретӏун, данделъабазде рачӏунаан хӏакимзабиги. Гьеб букӏана Дагъистаналъул халкъазул хаслъиялъул цо гӏаркьел – миллияб партал.\nКӏиабилеб иргаялда, дагъистаниязул рухӏияб бечелъиялъулъ кӏудияб бакӏ ккуна Махӏачхъалаялда Р. Хӏамзатовасул проспекталда Р. Гӏабдулатӏиповас рагьараб Поэзиялъул театралъ. Гьенир гьанже тӏоритӏула дагъистаниязул рухӏияб ирсалъул тӏадегӏанлъи борцунел батӏи-батӏиял тадбирал. Хӏатта бертадул къоялъ бахӏаралгицин рещтӏуна гьенир, суратал рахъизе.\nГьебго проспекталда щибаб шаматалъ ва гьатӏаналъ машинабазе нухал къалаан, лъималазул ва гьезул эбел-инсул рес букӏана хӏухьбахъиялъе рачӏине.\nЦо лахӏзаталъ гьеб гьитӏинабго нухлул бутӏа сверулаан лъималазул майданалде.\nГьенисанго гьитӏинабго сапар гьабилин республикаялъул тахшаралъул аслияб майданалда бугеб Гьудуллъиялъул рукъалде. Гьединаб берцинаб цӏар гьелъие кьолагоги, гьесда ракӏалда букӏун батила дагъистаниязул гъасде рачӏарал гьалбалги жалго дагъистаниялги гьеб цӏаралъги цолъизарилин абураб. Гьеб чӏухӏараб минаялъуб жакъаги тӏоритӏула тӏадегӏанаб даражаялъул тадбирал. Гьенисанго гьитӏинабго сапар гьабилин республикаялъул тахшаралъул аслияб майданалда бугеб Гьудуллъиялъул рукъалде. Гьединаб берцинаб цӏар гьелъие кьолагоги, гьесда ракӏалда букӏун батила дагъистаниязул гъасде рачӏарал гьалбалги жалго дагъистаниялги гьеб цӏаралъги цолъизарилин абураб. Гьеб чӏухӏараб минаялъуб жакъаги тӏоритӏула тӏадегӏанаб даражаялъул тадбирал.\nДагъистаниязул рухӏияб рахъ цебетӏеялъе кӏудияб квербакъи гьабулеб байрамлъун букӏана «Цӏамаури» фестиваль. Гьединаб берцинаб, гьудуллъиялъул гьуинаб махӏалъул цӏураб байрам щай жакъаги гьабизе бегьулеб букӏинчӏеб? Батӏалъи щиб букӏараб нилъее, кинаб районалда гьеб гьабуниги. Рорхатал мугӏрузги, гӏажаибго берцинаб тӏабигӏаталъги, берцинал гӏадатазги, хӏасратаб гьудуллъиялъги хӏайран гьарун рукӏинчӏищ нилъ.\nЛъил квербакъиялдалъун тӏуни щиб, мугӏрузул нухазде хъил тӏейгицин гъалатӏлъун бихьана цоцоязда. Гьесги миллат гьабичӏого тун букӏарабани, щивха регӏизе вукӏарав. Дагъистаналде? Гьес бетӏерлъи гьабулеб заманалда гурищ, Гӏалибег Гӏалиевасул цӏар «хехаб кумекилан» машгьурлъараб Дагъистаналда. Гьев магӏарулав хӏадурав вукӏана, щиб миллаталъул чияс ахӏаниги, кумекалъулаб квер бегьизе. Махӏниги кӏвахӏаллъичӏого, унаан гьев Дагъистаналъул бищунго рикӏкӏада бугеб районалдеги.\nР. Гӏабдулатӏипов бетӏерлъуде вачӏиналдаго цадахъ дагъистаниязухъе тӏад буссана парахалъиги. Гӏабдулатӏиповасул хӏалтӏул бицунаго, цохӏо мисалгицин гӏелаан – КОР, ай Октябралъул цӏаралда бугеб канал бацӏцӏад гьаби. Доб мехалда бицунго бахъунеб букӏинчӏо гьениб батараб чороклъиялъул хӏакъалъулъ.\nЖакъаги цӏалулел руго дица гьесул тӏахьал – рагӏул магӏнаги, гъварилъиги, гӏакъиллъиги. Нилъер гӏадамазул гӏадат буго, тӏоцебесеб иргаялда, инсанасулъ гъалатӏалги гӏунгутӏабиги хъирщизе лъугьунел. Ратила гьел Рамазанилги.\nАмма гьесул хӏалтӏул бицунелъул, дида цоги ракӏалде щолеб жо – «Где удобно, остановите», – йилан ахӏдолел рукӏарал нилъги маршруткабазул водительзабиги низамалде рачана. Гьединал мисалаздасан гурищ кӏудиялдеги рачӏунел ва рачунел. Нилъеда киназдаго лъала Дагъистаналда ОГЭ ва ЕГЭ тӏоритӏулел рукӏараб куц. Гьеб тартибалде бачана Рамазаница. Учительзабазулгицин лъай борцунеб низамги чӏезабун букӏана гьес.\nГьанибго рехсечӏого гӏоларо «Россия – моя история» абураб тарихияб парк. Гьебги Гӏабдулатӏиповасул квербакъиялдалъун бараб буго ва гьанже гьебги ккола республикаялъулго чӏухӏилъун.\nГьединго ракӏалде щвезабизе бокьун буго Ахӏулгохӏда бараб мемориалияб комплекс. Ахӏулгохӏде щвезе унелъул, гьениреги цӏала нилъ. Щиб мурадалда бараб гьеб букӏун батаниги, жибго комплекс хутӏизе буго. Гьебги букӏине буго Ахӏулгохӏалъул бахӏарчияб тарихалъул гьитӏинабго бутӏалъун…\nДие Рамазан Гӏабдулатӏипов хутӏизе вуго лъикӏав ва гӏакъилав инсанлъун.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА."}
{"slug": "19355-botsiue-daru-insanase-sabab-botsiue-daru-insanase-sabab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19355-botsiue-daru-insanase-sabab-botsiue-daru-insanase-sabab", "title": "Боцӏуе – дару, инсанасе – сабаб", "date": "2022-08-05 10:41:12", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул Ветеринариялъул комитеталда тӏобитӏараб данделъиялда дандрана лъагӏалил тӏоцебесеб бащалъиялъул хӏасилал. Данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Нариман Гӏабдулмутӏалибов, комитеталъул председатель Мухӏамад Шапиев, районазул ветеринариял управлениязул нухмалъулел, гьебго хъулухъалъул батӏи-батӏиял идарабазул хӏалтӏухъаби.\nГьениб Мухӏамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кӏваралъул, церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда цӏунизе кӏвана ящур, сибирская язва, гӏиял оспа, батӏи-батӏиял гриппалъул тайпаби, туберкулез гӏадал унтабаздаса. Гьеб хӏужаялъги рес кьуна кӏудияб ками ккечӏого гӏи-боцӏиялъ хасел нухда тӏамизе. Гьебго заманалда руго хӏинкъи бугел, тӏурачӏого рес гьечӏел масъалабиги — гӏадамазде ва гӏи-боцӏуде бахунеб бруццелез ва чӏегӏербоцӏул лейкоз унтаби. Гьес мухӏканаб баян кьуна Москваялдаса республикаялде рачӏун рукӏарал «Центр ветеринарий» гӏуцӏиялъул специалистаз гьаниб гьабураб хӏалтӏул, хасго федералияб централъ чӏорого риччалел дараби пайдаялда хӏалтӏизариялда сверухъ бугеб хӏалалъе. Хӏасил гьабиялъул къалъайгун цеве вахъарав Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ракӏалде щвезабуна гӏицӏцӏаназул къадаралъул рахъалъ Дагъистан, Россиялъул регионазда гьоркьоб, тӏоцебесеб бакӏалда ва чӏегӏербоцӏул рахъалъ цебесеб кьерда букӏин. Бицана гьеб киналдаго ветеринарияб хъулухъалъ лъолеб бугеб бутӏаялъул хӏакъалъулъги. Гьениб Мухӏамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кӏваралъул, церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда цӏунизе кӏвана ящур, сибирская язва, гӏиял оспа, батӏи-батӏиял гриппалъул тайпаби, туберкулез гӏадал унтабаздаса. Гьеб хӏужаялъги рес кьуна кӏудияб ками ккечӏого гӏи-боцӏиялъ хасел нухда тӏамизе. Гьебго заманалда руго хӏинкъи бугел, тӏурачӏого рес гьечӏел масъалабиги — гӏадамазде ва гӏи-боцӏуде бахунеб бруццелез ва чӏегӏербоцӏул лейкоз унтаби. Гьес мухӏканаб баян кьуна Москваялдаса республикаялде рачӏун рукӏарал «Центр ветеринарий» гӏуцӏиялъул специалистаз гьаниб гьабураб хӏалтӏул, хасго федералияб централъ чӏорого риччалел дараби пайдаялда хӏалтӏизариялда сверухъ бугеб хӏалалъе. Хӏасил гьабиялъул къалъайгун цеве вахъарав Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ракӏалде щвезабуна гӏицӏцӏаназул къадаралъул рахъалъ Дагъистан, Россиялъул регионазда гьоркьоб, тӏоцебесеб бакӏалда ва чӏегӏербоцӏул рахъалъ цебесеб кьерда букӏин. Бицана гьеб киналдаго ветеринарияб хъулухъалъ лъолеб бугеб бутӏаялъул хӏакъалъулъги.\n– ДРялъул хӏукуматалъги гьабула комитеталъе кумек, – ан абуна Н. Гӏабдулмутӏалибовас. — Масала, ахираб кӏиго соналда жаниб биччана лабораториябгун диагностикияб хӏалтӏи тӏубазе ресал ругеб кӏиго машина босизе гӏарац. Босана цӏияб тайпаялъул лабораторияб къайи, капиталияб къагӏидаялда къачӏана 30 ветеринарияб учреждение, цӏикӏкӏинабуна специалистазе щолел харжал.\nПалхӏасил, лъикӏаб къимат кьуна комитеталъул хӏалтӏул гӏуцӏиялъе, ветеринариял хӏалтӏухъабазе загьир гьабуна баркала."}
{"slug": "19356-pachalikh-al-rekhun-tolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19356-pachalikh-al-rekhun-tolaro", "title": "Пачалихъалъ рехун толаро", "date": "2022-08-05 10:43:12", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "«Дагестанская правда» газеталъул редакциялда республикаялъул журналистазулгун букӏараб данделъиялда промышленносталъул ва даран-базаралъул министр Низам Халиловас бицана гьабсагӏаталда экономикаялъул гьеб бутӏаялда бугеб ахӏвал- хӏалалъул. Гьес кьурал баяназда рекъон, промышленность цебетӏеялъе республикаялда руго киналго ресал. Цӏикӏкӏунеб буго къватӏибе биччалеб продукциялъул къадар, рагьулел руго цӏицӏиял предприятиял, гӏуцӏулел руго гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал.\n– Щиб ва кинаб продукция нилъер гьаниб къватӏибе биччазе бегьулебин гьикъани, дица абила щиб бокьаниги биччазе бегьулин абун. Чанго соналъ цебе производствоялда ругез абулаан нижеда ралагьейин жидее заказалин абун. Гьанжейин абуни заказал руго кигӏан бокьаниги. Захӏмалъи буго гьел тӏуразе кӏвеялъулъ ва гьелъие буго чанго гӏилла. Тӏоцебесеб, гӏемерисел предприятиял техника- ялъул ва технологиялъул рахъалъ нахъе ккей. Кӏиабилеб, гӏемерал предприятиязул гьечӏо киналго юридикиял тӏалабалги цӏунун гьабураб хъвай-хъвагӏай, гьел хӏалтӏулел руго рахчахъван. Гьединлъидал гьезие щоларо ва щвезе ресги гьечӏо пачалихъалъулаб кумек. Лъабабилеб, хӏалтӏи гьечӏезул къадар республикаялда бахуна 15 проценталде. 28 проценталде бахарабги заман букӏана. Гьебго заманалда гӏолел гьечӏо «хӏалтӏул кверал», щолел гьечӏо предприятиязда хӏалтӏизе гӏадамал. Гьеб «унти» буго бокьараб махщалида сверухъ. Гӏадамазе, хасго гӏолохъанаб гӏелалъе бокьун гьечӏо фабрик-заводазда, цехазда хӏалтӏизе. Масала, Буйнакск шагьаралда буго цӏиял технологиязда рекъон хӏалтӏулеб, лъикӏал шартӏал чӏезарураб «БОФ» абураб хьитал гьарулеб фабрика. Гьабсагӏаталда гьенив хӏалтӏулев вуго 150 чи. Амма заказал рукӏиналъ хӏажат вуго жеги гьедигӏанасевго хӏалтӏухъан. Бокьаразе гьениб щола махщел, гьабураб хӏалтӏуда рекъон — лъикӏаб мухь (45-50 азарго гъурущ). Амма гӏолохъаби рачӏунел гьечӏо хӏалтӏизе. Гьеди- набго хӏал буго цогидал предприятияздаги. Буго цоги масъала. Гӏемеразе бокьулеб гьечӏо, хӏалтӏулел ругониги, хӏалтӏуда букӏине кколеб куцалъул хъвай-хъвагӏай гьабизе. Гьеб гьабун хадуб камулелъулха хӏакъикъиял гурел цо-цо социалиял пенсиялгун пособиял, – ан бицана министрас.\nГьес рехсана хӏакъикъаталдаги хӏалтӏулел предприятиязе пачалихъалъул рахъалдасан ругел бигьалъабиги. Масала, республикаял- да хӏалтӏулеб «Фонд развития промышленно- сти» гӏуцӏиялъ хӏалтӏи цӏи гьабиялъе, цӏияб къайи-алат босиялъе предприятиязе кьола къарзалъулаб гӏарац, цӏакъго гьитӏинаб (1-3) процентгун.\nРоссиялда лъазарурал санкциязда хурхун лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ росдал магӏишат цебетӏеялъе кьуна лъикӏал ресал. Гьебго буго промышленносталдаги. Мисалалъе, Дагъ- огни шагьаралда къватӏире риччазе байбихьана «цӏорол шарикал». Цӏикӏкӏараб тӏалаб бугел ва гӏемерал бакӏазда хӏажалъулел гьел дагьал цереги нилъеца росулаан Китаялдаса. Гӏадатиябин кканиги гьеб буго цебетӏураб техникагун технология хӏалтӏизабулеб производство, Россиялда цоги гьечӏеб. Гьединабго къагӏидаялъул буго дагьаб цебе КАМАЗалъул специалистазул кӏудияб къокъа республикаялде бачӏиналъе гӏиллаги. Цебе гӏемерал запчастал доз росулел рукӏун ратани къватӏисел пачалихъаздаса, гьанже гьелъие хӏалтӏизаризе кколел руго нилъерго ресалгун сурсатал.\nГӏ. ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "19357-62-sonaldasan-takrar-gaburab-gunar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19357-62-sonaldasan-takrar-gaburab-gunar", "title": "62 соналдасан такрар гьабураб гьунар", "date": "2022-08-05 10:47:18", "categories": ["gara"], "text": "Москваялъул Петр Чайковскиясул цӏаралда бугеб консерваториялда тӏобитӏана «Россия – вселенная звука» абураб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб фестиваль. Гьелда гӏахьаллъана Муртазагӏали Гӏалиевас нухмалъи гьабулеб «Кочӏолаб Чӏарада» абураб Дагъистаналъул пачалихъияб бихьиназул хорги. Гьезул концерт букӏана консерваториялъул Рахманиновасул цӏаралда бугеб залалда. Гьелъул аргъанчи, машгьурав композитор Ахӏмад Гӏамирхановасулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Дагъистаналда гӏемер руго кочӏол ва кьурдул коллективал. Гьезда гьоркьоса «Кочӏолаб Чӏарада» кин ккараб Москваялде?\n— Ниж гьенире ритӏиялъе сабаблъун ккана Татам Мурадовасул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул филармониялъул художествияй нухмалъулей Ирина Нахтигаль. Долъ битӏана конкурсалъул гӏуцӏиялъул комитеталде нижер хоралъул хӏакъалъулъ баянал ва загьир гьабуна фестивалалда нижги гӏахьал гьареян абураб пикру. Добе битӏизе кколаан фольклорияб репертуар бугеб, умумузул бакъназда кучӏдул ахӏулеб коллектив. Гьеб кинабго бугоха нижер хоралда.\nГьеб фестивалалда Дагъистаналдаса гӏахьаллъараб ункъабилеб коллектив буго чӏарадисезул хор.\n— Москваялде иналде лъикӏаб хӏадурлъи гьабизе ккун батила…\n— Доба бегьулароан фонограммаялда гъоркь ахӏулеб кечӏ. Музыкалиял алаталги рукӏине кколаан чӏагоял. Гьединлъидал мухӏканго хӏадурлъизе ккана. Цоязда кочӏол рагӏаби лъалароан. Гьанир цере рахъунеб мехалда хӏалтӏизабулаан фонограмма ва рагӏаби лъангутӏиялъул квекӏен кколароан. Доба щибаб кечӏ лъазе ккола щивасда.\nНижер буго лъабго гьаракьалъ кечӏ ахӏулеб хор. Цониги чи нахъецеве ккани, биххула хор. Гьеб рахъ роцӏинабиялда тӏадчӏезе ккана.\nМиллиял инструментал цӏикӏкӏинариялъул мурадалда нижеца цадахъ ячун йикӏана Хунзахъ районалъул Гӏахьалчӏиса Давудова Рахӏмат. Гьей йиго консерватория лъугӏарай, скрипкаялда бакънал рачуней гӏадан. Гьелъ бакънал рачана кеманчаялда. Нижер жеги букӏана хъумуз, къали ва кӏиго аргъанги.\n— Нужер буго пачалихъияб хор. Гьелъул репетициял тӏоритӏулеб хасаб бакӏ бугищ?\n— Нижго бетӏергьанаб бакӏ гьечӏо. Цере ниж рукӏана Авар театралъул минаялда. Гьелъул нухмалъи хисидал къватӏир хутӏана. Гьанже, культураялъул министралъул буюрухъалда рекъон, нижее рес щун буго кӏиго сагӏаталъ репетиция гьабизе «Лезгинка» абураб кьурдулгун кочӏол ансамблялъул минаялда. Бесдалал гӏадин руго ниж. Гьечӏо нижго бетӏергьанаб транспортги. — Репертуаралде кинал тӏалабал рукӏарал фестивалалда?\n— Гӏахьалчагӏазул ихтияр буго жидее бокьухъе репертуар гӏуцӏизе. Нижеца ахӏана магӏарул, лезгиязул, даргиязул ва тумазул мацӏазда кучӏдул. Ахӏана сагӏатгун бащдалъ. Аслияб къагӏидаялда ахӏана магӏарул кучӏдул. Батӏиял халкъазул кучӏдул репертуаралда гъорлъе рачана Тӏагьир Къурачевасул бажариялдалъун. «Нилъер хор пачалихъиябги бугелъул, Дагъистаналда гӏумру гьабунги ругелъул, рачӏа цогидал халкъазулги кучӏдул ахӏизе», — ян абуна гьес. Гьабсагӏаталда хӏадурулел руго чачаназул, эрмениязул, гӏурус мацӏазда кучӏдулги. Кавказалъулго халкъазул вакилзаби хӏисабалда церерахъине ракӏалда буго.\n-Москваялда гӏумру гьабулел дагъистаниял рачӏун рукӏанищ концерталде?\n— Занкӏун цӏун букӏана зал. Амма магӏарулал ва цогидал дагъистаниял цӏакъ дагь рукӏана. Нижехъ гӏенеккизе рачӏана дагъистаниязул музыкалияб ва кочӏолаб культура кинаб бугебали лъазе гъира бугел гӏадамал. Кӏудияб асар гьабуна Москваялда гӏумру гьабулев машгьурав тохтур, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Мухӏамад Гӏабдулхабировасул кӏалъаялъ. Нижер концерт лъугӏун хадуб, гьев вахана сценаялде, бицана нижер хоралъул хӏакъалъулъ ва баркала кьуна гьелъухъ балагьизе рачӏаразе. Церерахъиналъул ахир кин гьабилебали лъаларого рукӏана ниж. Гьеб масъала кутакалда гӏакъилго, берцинго ва тартибалда тӏубазабуна Гӏабдулхабировас. Гьесие ракӏ-ракӏалъулаб баркалаги буго. Концерталъул ахиралда ахӏана Дагъистаналъул гимн. Гьеб байбихьилалде Тӏагьирица абуна, цадахъ кечӏ ахӏизе бокьарав чи сценаялде вахине бегьулин абун. Нилъер мацӏ лъалев, бичӏчӏулевщинав чи вачӏана сценаялде ва, гимн ахӏун хадуб, бахъана киналго цадахъ чӏараб суратги.\nНижер церерахъиналъ кӏудияб асар гьабун батила, нахъисеб къоялъ фестивалалъул гӏуцӏарухъабаз ниж рачана ВДНХялде ва гьенибги ахӏана цо-кӏиго кечӏ.\n— Добе-нахъе сапаралъухъги, дора рарал сардал-къоязухъги харж лъица гьабураб?\n— Киналъулго жаваб кьуна фестивалалъул гӏуцӏарухъабаз. Проекталъул автор ккола Маргарита Каратагина. Гостиницаялъухъги, кванихъги, самолеталъухъги – киналъухъго гӏарац доз кьуна. Тӏолгодунялалъул фестиваль бугелъул гьаб, бокьараб миллат цебе бахъуна гьениб. Нижедаса цебе концерт бихьизабуна Чукоткаялъул вакилзабаз. Хадуб букӏана Монголиялъул, Ираналъул церерахъинал.\n— Дагъистаналда рукӏунищ нужер концертал?\n— Советияб заманалда хоралъ ахӏулаан партиялъул дандеруссиназда. Гьединлъидалищали, лъаларо, хоралъул концертин абураб мехалда гӏадамал рачӏунаро. Нижер аслияб мурад буго халкъиял кучӏдул, умумузул бакънал цӏуни. Нижеца гьел ракӏарула, Тӏагьир Къурачевас нотаби хъвала ва хоралъ ахӏизе хӏадурула. Хоралъ кечӏ ахӏи лъугьун буго къанагӏатаб искусстволъун.\nНижеда гьоркьор руго гьунар тӏокӏал солисталги: Гӏабдула Мухӏамадмирзаев, Рамазан Гӏабдулгъаниев, Шамхал, Хизри Хирамухӏамадов, Гӏумар Тахиев. Гьезги кучӏдул ахӏула концертазда. Нижее гӏолареб жо буго реклама. Нижеда гьоркьор руго гьунар тӏокӏал солисталги: Гӏабдула Мухӏамадмирзаев, Рамазан Гӏабдулгъаниев, Шамхал, Хизри Хирамухӏамадов, Гӏумар Тахиев. Гьезги кучӏдул ахӏула концертазда. Нижее гӏолареб жо буго реклама.\nЛъабго гьаракьалда хоралъ кечӏ ахӏизе нотаби хъван бажарулев композитор Тӏагьир Къурачев гурони гьечӏо. Щибаб кечӏ, лъабго гьаракьалдеги бикьун, щибаб гьаракьалъе нотабиги хъван, рекъезарун гьаркьалги байбихьула кечӏ лъазабизе. Гьелда тӏад уна кӏигониги моцӏ. Тӏагьир гьечӏевани, щиб нижеца гьабилеб букӏарабали, лъаларо. Хоралъе кечӏ хъвалев композиторго хутӏун гьечӏо нилъер. Бокьун буго баркала кьезе Тӏагьир Къурачевасе – ниж куцаралъухъ. Гьев вуго нижер учитель гӏадав чи, дос абураб жоялдаса кьуруларо ниж. Дос малъухъе хӏалтӏани, хӏасил лъикӏаб ккола. Гьес хӏадурана нотаби. Цо нота мекъи кканиги, хор лъугьунаро. Гьединлъидал Тӏагьирил буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи.\nТӏоцебесеб нухалда чӏарадисезул хор Москваялде щвана 1960 соналда – Дагъистаналъул адабияталъулги искусствоялъулги декада тӏобитӏулеб мехалда. Гьениб магӏарул мацӏалда ахӏун букӏана кӏиго кечӏ. 62 соналдасан чӏарадисезул кочӏохъабаз — «Кочӏолаб Чӏарада» ансамблялъ – та- крар гьабуна гьеб гьунар: сагӏатгун бащдалъ ахӏана Дагъистаналъул халкъазул батӏи-батӏиял мацӏазда кучӏдул.\nГара-чӏвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ."}
{"slug": "19446-maskabi-raze-khiadurl-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19446-maskabi-raze-khiadurl-e", "title": "Маскаби разе хӏадурлъе", "date": "2022-08-12 05:23:18", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "11 августалда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас тӏобитӏана республикаялда COVID-19 тӏибитӏизе биччангутӏиялда тӏад хӏалтӏи гьабулеб оперативияб штабалъул данделъи.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовасул рагӏабазда рекъон, ахираб кӏиго анкьалда жаниб коронавирусалъул цӏияб инфекциялъ унтаразул ва стационарияб къагӏидаялъ сах гьаризе кколезул къадар цӏикӏкӏунеб буго.\nГьелде республикаялда бугеб хӏадурлъиялъул суал борхидал, премьер-министрас бицана гьабсагӏаталда больницабазда коронавирусалъ унтаразе хас гьабун 173 койка хӏадурун бугин.\nГьединго ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулес абуна унти бахун бугищали халгьабизе, гӏадамаз тестал кьезе ккелиланги.\n60 соналдаса цӏикӏкӏараб ригьалъул, хроническиял унтаби ругел ва коронавирусалде данде прививка гьабун букӏинчӏел гӏадамаз жамагӏат бакӏарарал бакӏазда маскаби разе ккелин абуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тӏуралей Раисат Арбухановалъ.\nОперативияб штабалъул данделъиялъул ахиралда хӏукму гьабуна гӏемер гӏадамал ракӏарараб бакӏалда маскаби раян ва гӏуцӏабазул нухмалъулез жидерго гӏуцӏабазда гьел рай тӏалаб гьабеян ва дезинфекциялъул низам цӏунеян малъа-хъваял гьаризе."}
{"slug": "19447-makhshchelchagiazul-rosul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19447-makhshchelchagiazul-rosul", "title": "«Махщелчагӏазул росулъ»", "date": "2022-08-12 05:25:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махщелчагӏазул росулъ ккарал лъугьа-бахъинал» абураб мультсериалалъул цӏияб анлъго сериялъул презентация гьабуна гьал гӏагарал къоязда республикаялда. Мультфильмалда бицен гьабулеб буго шагьаралда гӏурав гӏолиласул магӏарул росулъе щведал ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ.\n3, 3 млн гъурщидасаги цӏикӏкӏун къадаралда щвараб президентасул гранталъул гӏарцухъ гӏумруялде бахъинабураб гьеб проекталъул автор ккола Руслан Салимагъаев. Гьев къадаралде щвана исана.\n«Махщелчагӏазул росу» абураб мультфильмалъул тӏоцебесеб лъабго серия бахъун букӏана 2018 соналъ, гьединго, президентасул гранталъул кумекалдалъун. Мультфильм бихьизабуна республикаялъул школазда ва гьединго лъун буго «Альтус-групп» студиялъул ютуб-каналалда. «Сураталги рахъун, мультфильм дандбалеб, озвучка гьабулеб заманалда проекталъул автор къадаралде щвана. Проект гранталъул гӏарцухъ гьабулеб букӏиналъги гьеб гӏуцӏулаго, нижер хӏалтӏулаб къокъа цо хъизан гӏадин цолъиялъги, пикру ккана гьеб иш рагӏалде бахъинабизе», — ян бицана «Альтус-групп» студиялъул нухмалъулесул заместитель Динара Хӏажиевалъ.\nПроекталъул художествияв нухмалъулев Хӏамзат Гӏисаевас бицана 2D-графикаялда гьарурал мультфильмалъул цӏиял сериял 6-8 минуталъул халатбахъиналъул рукӏине ругин.\n«Гьаб букӏине буго цӏиял темабиги ругеб, батӏи-батӏиял махщелазда хурхараб, дол мультфильмалъул хадусеб бутӏа. Киназего вокьулев персонаж ккола жиндирго дунял бугев, гӏажаибав гӏалимчи», — ян бицана Хӏ. Гӏисаевас."}
{"slug": "19448-die-bokun-bugo-shamilil-khiak-al-ul-dunyalal-ego-bitsine", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19448-die-bokun-bugo-shamilil-khiak-al-ul-dunyalal-ego-bitsine", "title": "Дие бокьун буго Шамилил хӏакъалъулъ дунялалъего бицине»", "date": "2022-08-12 05:27:27", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналда гьоболлъухъ вуго дунялалъул бищун лъикӏал сценаристазул цояв, машгьурал «Эртугрул» ва «Гӏусман» фильмазда тӏад хӏалтӏарав турказул сценарист Атилла Энгин.\nГьев хӏалтӏулев вуго Шамил имамасул хӏакъалъулъ бахъизесеб сериалалда тӏад.\nСценарист щвана дол Шамилил гӏумруялда хур харал тарихиял бакӏазде: Ахӏулгохӏде, Генуве, Гӏашилтӏе, Гъуниве ва Хьаргабиве.\n«Шайих Шамил» абураб гӏемерсериязул гьеб фильм бахъизе буго «Халкъияб Кино» абураб проек талда рекъон.\nГьелъул хӏакъалъулъ Атилла Энгиница гӏатӏидго бицана 9 августалда «Черновик» газеталъул редакциялда республикаялъул журналисталги, тарихчагӏиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги гӏахьаллъун тӏобитӏараб пресс-конференциялда.\nШамилил ватӏанги гьев вагъарал тарихиял бакӏалги рихьизе некӏогоялдаса анищ букӏанилан абуна А. Энгиница:\n«Дун цӏакъ вохарав вуго жакъа гьаниве вачӏине рес щвеялдаса. Дида гьитӏинаб къоялдаса нахъе гӏемер рагӏулаан Имам Шамилил хӏакъалъулъ рицунел харбал, биценал. Дие цӏакъ бокьун букӏана гьитӏинаб мехалъ дидаго рагӏанщинаб беразда бихьизе. Шамил вуго цохӏо Кавказалъул гуребги, тӏолабго исламияб дунялалъул тарихалдаго кӏудияб бакӏ кколев инсан. Гьединлъидал, дие бокьун буго гьесул хӏакъалъулъ тӏолабго дунялалъего бицине», — ян абуна гьес.\n«Шайих Шамил» абураб сериал гӏуцӏун букӏине буго гӏага-шагарго 12 сериялдасан. Гьенибе жанибе бачине буго 30-35 соналдаса байбихьун, хвезегӏан Шамилица нахъа тараб гӏумрудул нух.\nСериалалъул щибаб эпизод букӏине буго полнометражный фильм гӏадинаб. Нилъеда рихьизе руго Шамилги, гьесул гӏага-божаралги, муридзабиги, гьесда церехун ва цадахъ рагъарал гӏадамалги, масала, Хӏамзатбег ва дол лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарал цогидал гӏадамалги», — ян бицана сценаристас.\nГьединго Атилла Энгиница абуна жиндир аслияб мурад бугила имамасул гӏамал-хасияталъул батӏи-батӏиял хӏакъикъиял рахъал рихьизари:\n«Дир ракӏчӏола 300 чигун 300 азарго чиясде данде вагъизе бажарулев Шамил, лъикьаниги хӏинкъулев вукӏинчӏолъиялда. Амма инсанлъидал гьев, сункьаниги хӏинкъизе кколаан гьев. Гьеб суалалъе жаваб батараб мехалъ баянлъизе буго нилъее персонажасул хӏакъикъияб гӏамал-хасиятги. Масала, гьесул яс цӏа-канги бахун унтараб мехалъ, гьелъул эбелгун цадахъ рогьинегӏан гьей рекӏеде ячӏинаюлел рукӏун руго гьел. Гьеле доб, гьесул гӏаданлъиялъул унго-унгоял хасиятал загьирлъулеб лахӏзат. Нилъеда цеве чӏола расги жиндирго гӏумруялдаги барахщичӏого, рагъул коронив къеркьолев чиги радаллъагӏан яс чӏаго хутӏиларинги хӏинкъун, гьей хвасар гьаеян Бетӏергьанасда гьардолев чиги».\nАхираб заманалда Кавказалъул рагъул тарихалда хурхун рахъарал фильмазда тӏасан нилъер ракьцоязул гӏемерал бахӏсал, дандеккунгутӏиял рукӏана. Гьел рахъулаго, тарихиял хӏужабиги хисизарун, фильмалда цо-цо бакӏал берцин гьаризе бокьарал баянал ургъун рахъулел ругин гӏайиб чӏвалел чагӏи гӏемерал руго.\nСценарий хъвалаго тарихиял хӏужабазулъ хӏакъикъат цӏунизе гьесие кумек гьабизе буго тарихчи Зураб Хӏажиевас.\n«Дица хӏалкӏун хӏакъикъиял, божилъи гьабизе бегьулел тарихиял баянал кьела сценаристасухъе. Жидеего бокьараб хӏалалъ хиса-сверизабичӏого, баянал мукъсан гьаричӏого бахъани, дир пикруялда, халкъалъ лъикӏ къабул гьабизе буго гьеб фильм», — ан абуна З. Хӏажиевас.\nСъемкаби аслияб къагӏидаялъ гьаризе руго Турциялда, Россиялда (Санкт-Петербург, Калуга шагьаразда) ва Шамил щварал цогидал улкабазда — Египеталда ва Сагӏудиязул Гӏарабиялда.\nСериалалда жиндие Дагъистаналъул тӏабигӏаталъул берцинлъи бихьизабизеги бокьун бугин бицана сценаристас. Гьел съемкаби гьаризе республикаялде бачӏине буго хасаб къокъа.\n«Гьел рукӏине руго цӏакъ захӏматал съемкаби. Гьезулъ гӏахьаллъизе руго гӏемерал актерал ва техническиял хӏалтӏухъаби. Фильм бахъулеб бакӏ букӏине ккола гӏатӏидаб, гьенир хӏалтӏулел чагӏазе санагӏатаб ва шартӏал ругеб. Гьединлъидал аслиял съемкаби гьаризе тӏасабищулеб буго Турциялда Средиземный ралъадалдаса рикӏкӏад гьечӏеб бакӏ», — ин бицана Атилла Энгиница.\nСериалалъулъ нилъер ракьцоязги гӏахьаллъи гьабизе бугин бицана Атиллаца:\n«Цо-цоязда ккола сценарий цохӏо чияс хъвалилан. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Гьеб хъвалаго гьоркьоб гӏахьаллъи гьабула гӏемерал махщелчагӏаз. Гьезда гьоркьор рукӏине руго Дагъистаналдаса гӏадамалги.\nДагъистаналдаса актералги ахӏизе руго гьоркьор гӏахьаллъизе. Фильмалъ гуро актер валагьулев, живго актерас балагьула фильм. Амма жеги сценарий хъван лъугӏичӏого, гьелъул бицине цудунго буго жеги».\nКиназего интерес бугеб суал букӏана кинаб къагӏидаялда, ай жанралда гьеб бахъизе бугебали. Гьелъиеги сценаристас гьадинаб жаваб гьабуна:\n«Дун преподаватель гьечӏониги, Турциялъул университеталда гьеб темаялда гӏезегӏан лекциял цӏалана дица. Къокъго абуни, тарихияб драмаялда тарихиял хӏужабазде данде кколарел баянал рукӏине бегьуларо. Амма тарихалъул гӏатӏидго ва мухӏканго бицине ккани, хӏадурлъулагоги монтаж гьабулагоги нижер пикрабазе эркенлъи кьезе ккола, гӏорхъичӏваял гьаризе бегьуларо.\nФильм цо ккураб асаралъул кьучӏалда бахъизе гьечӏо. Сценарий хъвалаго, батӏи-батӏияб тарихияб литератураялде, баяназде мугъчӏвай гьабизе ракӏалда буго».\n«Шайих Шамил» абураб сериал лъилнилги гьариялда (заказалда) рекъон бахъулеб гурилан абуна гьеб проекталъе квербакъи гьабулезул цояв, «Amicability» абураб халкъазда гьоркьосеб дипломатическияб клубалъул президент Сергей Дворяновас:\n«Нижецаги гӏахьаллъи гьабулеб буго кӏудияб проекталда. Бокьун буго гьаб проект халкъияблъун гьабизе. Бокьарав, искусствоялде гӏагарав, гъира бугев чиясул рес буго гьелда гъорлъ гӏахьаллъизе. Гьеб букӏине буго художествияб, гвангъараб, мухӏканаб тарихияб проект. Гьелъ нилъее киназего гӏатӏидго рагьизе буго Шамилил гӏамал-хасиятги, гӏумрудул нухги, рухӏияв цевехъан хӏисабалда Дагъистаналъ гьесул къисматалда гьес тараб кӏудияб бакӏги. Гӏагараб заманалда нижеца рагьизе буго проекталъул сайт. Нижее бокьун буго, хас гьабун фильмалъе сайигъат гьабун Ахӏулгохӏда мемориалияб мажгит рагьизеги. Палхӏасил, гьаб букӏине буго жибго жиндаго чӏараб проект», — ан бицана гьес.\nФильм цо ккураб асаралъул кьучӏалда бахъизе гьечӏо. Сценарий хъвалаго, батӏи-батӏияб тарихияб литератураялде, баяназде мугъчӏвай гьабизе ракӏалда буго.\nМ. Манапов"}
{"slug": "19450-protokol-kh-vana-khiasil-kinabkha-kkarab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19450-protokol-kh-vana-khiasil-kinabkha-kkarab", "title": "Протокол хъвана. Хӏасил кинабха ккараб?", "date": "2022-08-12 05:33:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьаб соналъул 13 маялда Дагъистаналъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас министрзабазул къокъагун цадахъ Казбек районалде гьабураб сапаралъул хӏасилалда районалъе социалиябгун экономикияб рахъалъ гьабизе кколеб кумекалъул гӏатӏидаб бицен гьабун букӏана. Батӏи-батӏиял росабалъеги щун, гьениб бугеб ахӏвал-хӏалги бихьун, Алмахъалда гьабураб данделъиялда кӏвар буссинабуна аслиял суалазде. Гьенир министерствабаз ва республикаялъул цогидал идарабазгун районалъул нухмалъулез гьаризе кколел тадбирал чӏванкъотӏун рихьизаруна ва щибаб тадбиралъе жаваб кьолелги гьел гӏумруялде рахъинариялъе заманги цӏан, хъвана протокол.\n4 августалда Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас хӏажатал министралгун, районалъул нухмалъулелгун, цогидал идарабазул вакилзабиги ракӏарун гьеб протокол гӏумруялде бахъинаби унеб бугеб куцалъул хал гьабизе ахӏана хасаб данделъи.\nРайоналъул захӏматчагӏазе, тӏоцебесеб иргаялда, тӏубазе хӏажатаблъун буго Алмахъ, Буртунай, Дилим, Гуни, Гъозтала росабалъе лъим бачиналъул суал. Гьеб иш гӏумруялде бахъинаби мурадалда Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель М. Мажонцида тӏадкъан букӏана хасаб «дорожная карта» хӏадуризе ва 2023 соналдаса байбихьун, гьеб лъим бачиналъе хӏажалъулел гӏарцулал сурсатал Россиялъул инвестициялъул программаялде гъорлъе ккезариялъе тадбирал гьаризе. Амма жакъа къоялде программаялде гъорлъе гьел росабалъе лъим бахъи ккеялъул суал тӏубалеб гьечӏилан бицана данделъиялда районалъ гьелъие хӏажалъулеб ракь, бихьизабун гьечӏолъиялда бан.\nРайоналъул больницаялъе рекӏел унти сах гьабиялъе хӏажатаб къайи букӏинабиялда ва гьелъул тӏох къачӏаялда хурхун кьураб тӏадкъайги тӏубазабулаго, хӏукуматалъул председателазул заместитель М. Казиевасул баяназда рекъон, республикаялъул бюджеталъулъ иргадулал хиса-басиял гьарулаго, гьеб азарханаялъе 60 млн гъурущ гӏарцул кьезе бихьизабун буго.\nГьелдаго цадахъ Гӏ. Гӏабдулмуслимовас цере кьун рукӏарал тӏадкъаязул цояб букӏана Ленинаул росулъ цӏибалеб школа гьаб соналъул тӏоцебесеб сентябралде лъимал жанир цӏалдоледухъ лъугӏизабизе. Амма школалъе хӏажатаб къайи босун гьечӏолъиялъ гьеб масъала гӏумруялде бахъинчӏого хутӏиялъе хӏинкъи бугилан баян кьуна районалъул бетӏерасул заместитель И. Шабазовас. Гьенибго хӏукуматалъул председателас буюрухъ кьуна Дилим росдал школалъе босараб къайи-цӏа Ленинаулалъул школалъе кьейилан ва гьениб тӏоцебесеб сентябралда цӏали байбихьеян, щайгурелъул Дилим школалда ремонт гьабун бахъинелде гьезие цӏияб къайи босун кьезе рес букӏиналъ.\nАслиял суалазул цояблъун данделъиялда букӏана Алмахъалда балеб бугеб «Туристазул ва гӏадамал сах гьариялъул комплекс» бан бетӏералде бахъинабиялъул суал. Гьелда тӏад хӏалтӏулеб Дагъистаналъул туризмалъул ва халкъиял промыслазул министерствоялъул вакилзабаз бихьизабуна гьеб комплексалъе хӏажатаб ракь кьеялъул суал районалда рагӏалде бахъинабун гьечӏолъиялъ жидее квалквал гьабулеб бугилан. Гьеб ракьул суал судалде кьун бугила ва гьелъул хӏукмуялъухъ балагьун ругилан.\nРеспубликаялъул Транспорталъул ва нухлулаб магӏишаталъул министерствоялъе тӏадкъай букӏана гьаб соналъул тӏоцебесеб июлалде щвезегӏан заманалда Хасавюрт-Кьохъ нухда ракьулъан нухде раккулел лълъимал, гьелъие зарал кколареб куцалда, цогидаб рахъалдехун рачине ва Буртунай росулъан унеб хъил тӏураб шагьра къачӏазе, гьединго Басрияб Миякьо росу рагӏалда гӏуруда тӏасан бугеб цебегосеб кьо цӏи гьабун къачӏаялъе план ва проект хӏадур гьабизе. Министр Д. Салавовас баян гьабуна гьел тӏадкъаял жиндир заманалда тӏуразарунилан ва хӏалтӏи унеб бугилан.\nДанделъиялда гьединго халгьабуна районалда картошка, капуста гӏезабиялъул, гӏи-цӏцӏаназул рахъи цӏикӏкӏинабиялъул ва «Инчха» гӏодоблъиялда цӏибил гӏезабиялъе аслулъун кколеб гьенибе Басрияб Миякьосан лъим кьабулеб насос жидерго балансалде босиялъул суалазулги.\nДанделъиялъул ахиралда хӏукуматалъул председатель Гӏ. Гӏабдулмуслимовас кӏвар буссинабуна тӏадкъарал суалал гӏумруялде рахъинариялъулъ районазул ва республикаялъул хӏакимзабазул жавабчилъи борхизабиялде ва гьединал сапарал республикаялъул цогидал районаздеги гьаризе рукӏиналде.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "19451-insanasul-ikhtiyaral-tsiuniyal-ul-sovet-bol-ikh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19451-insanasul-ikhtiyaral-tsiuniyal-ul-sovet-bol-ikh", "title": "Инсанасул ихтиярал цӏуниялъул совет — Болъихъ", "date": "2022-08-12 05:34:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "10 августалда Болъихъ районалда тӏобитӏана республикаялъул Бетӏерасда цебе бугеб гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул данделъи. Гьенив гӏахьаллъана районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатовги, гьединго Болъихъ, Цӏумада, Гумбет районазул бутӏрузул заместителалги.\nДандеруссин рагьана Руслан Хӏамзатовас.\n— Нижеца кӏудияб кӏвар кьолеб буго чӏахӏиязул мисалалда гӏун бачӏунеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъулгун интернационалияб тарбия кьеялде. Гьелъие нижеца рукӏине кколел шартӏалги чӏезарун руго, — ян абуна гьес.\nДагъистаналда гражданияб жамгӏият цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицана республикаялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб гьеб Советалъул председатель Зикрула Ильясовас.\nБицен гьабулеб хӏалтӏи цебетӏеялъе Болъихъ районалда гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана жамгӏияб хӏинкъигьечӏолъиялъул рахъалъ районалъул бетӏерасул заместитель Гӏабдулдибир Гӏабдулдибировас.\nБесдалазе минаби кьеялда сверухъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ баянал кьуна «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялъул нухмалъулей Раисат Гӏусмановалъ.\nГьединго тадбиралда кӏалъана районалъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Мухӏамад Иманшапиев, «Балъхъал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Мухӏамаднур Мухӏамадов, «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Мухӏамадов, районалъул Собраниялъул председатель Мухӏамаднаби Гӏумаров.\nХадубккунги гражданияб жамгӏияталъул институтазул хӏалтӏи дагьабги лъикӏлъизаби мурадалда гьаризесел хӏалтӏабазулги бицана гьениб. Гьелде кӏвар кьезе ккеялъул бицунаго, Зикрула Ильясовас абуна районалда гьеб хӏалтӏи тӏадегӏанаб даражаялда гӏуцӏун бугилан.\nГьединго гьес тӏадчӏей гьабуна интернационалияб тарбия кьеялъул лъикӏал гӏадатал тӏадруссинаризе ккеялъул ва рахьдал мацӏаздехун бугеб бербалагьи лъикӏлъизабизе ккеялъул хӏакъалъулъги.\nЖиндир заманалда «Хӏакъикъат» газета хъваялъе тасамахӏлъи бихьизабурал хӏалтӏухъабазул чангоясе административияб тамихӏ гьабунила ва гьанже гьеб суал цойиде ккезабун бугилан районалъул администрациялъул бетӏер Р. Хӏамзатовас бициндал, данделъиялъул ахиралда Зикрулаца гьесие баркала загьир гьабуна ва Советалъул рахъалдасан хӏурматалъул грамотаби кьуна районалъул жамгӏияталъул хӏаракатчагӏи Мухӏамад Иманшапиевасе, Шамилхӏажи Латӏиповасе, Мухӏамадрасул Мухӏамадовасе.\nНижер мухбир"}
{"slug": "19452-mukhiarramal-ul-aval-l-agiel-bajbikhuleb-k-o-mug-baleb-k-oyal-ul-khiral-igi-tiokil-igi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19452-mukhiarramal-ul-aval-l-agiel-bajbikhuleb-k-o-mug-baleb-k-oyal-ul-khiral-igi-tiokil-igi", "title": "Мухӏаррамалъул авал — лъагӏел байбихьулеб къо Мугь балеб къоялъул хиралъиги тӏокӏлъиги", "date": "2022-08-12 05:52:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "Республикаялда къо гьоркьоб бахъун кколел лъикӏалгун квешал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб нилъее киназего гӏахьалаб, амма бусурбабилъун рукӏаниги, чанги чияс кӏварги гьабичӏого тараб цо баркатаб къоги букӏана анкьил байбихьуда. Дица бицунеб буго Гӏашурадул къоялъул. Мухӏаррам моцӏалъул анцӏабилеб къолъун кколеб гьелда жаниб гӏемерал лъикӏлъабиги баракатги буго Аллагьас кьун.\n«Бусурбабилъун рукӏаниги, гӏемерав чияс кӏвар гьабичӏого тарал» абун гьал дир мухъал цӏалидал, цо-цо чагӏазда мекъи бихьизеги рес буго, гӏадамазде гӏайиб-гъвел гьабизе гьасул ихтияр щибилан, квеш бихьун лъугьинеги бегьила. Амма дица абулеб жоялда жаниб гӏураб ритӏухълъи буго. Бусурбабиян кӏалалъ абуниги, нужецаго хӏисаб гьабеха, чан чиясда лъалеб батулеб Гӏашурадул къоян гьелда щай абулебалиги, гьелъул тарихги, щай гьеб къоялъ мугь балебалиги?\nГӏашурадул къоялъ тӏоцебе мугь бикьизе гьелъие байбихьи лъурав чи ккола Нухӏ авараг (гӏ.с). Тӏупанги тӏун, дунял лъеда гъоркь гӏанкъилалде, жиндаго божулел гӏадамалги, Аллагьас бижараб, рухӏ бугеб жоялъул цо бихьинабги цо цӏуябги цадахъ бачун, гамитӏе гьев вахинги, ахирги цо магӏарда гьеб лъалхъиялъулги къиса киназдаго рагӏун батила.\nРагӏичӏес цӏализе бегьула Чӏикӏаса Сагӏид-афандиясул «Къисасул анбияъ» абураб тӏехь. Кутакалда пасихӏго, гьоркьор рикӏкӏен гӏемерал гӏараб рагӏаби хӏалтӏизаруниги, цӏализе гъира баледухъ, шигӏруялдалъун хъвараб асар буго.\nЖиндир баракат киназего щваяв къутӏбу, Сагӏид-афандияс гьеб шигӏруялъул ахиралда абулеб буго Гӏашурадул къоялъ Аллагьасе гӏололъун кӏал ккурав чиясе – азарго хӏежгун гӏумра гьабурав чиясе гӏадаб кириги хъвалин, азарго лагъ тархъан гьавурав чи гӏадинги вукӏунин, гьединго азарго шагьидасул кириги гьесие кьолин абун. Гьедигӏанги хирияб рагӏула Гӏашурадул къоялъ кӏал кквезе. Хиралъиги лъикӏлъиги гуреб жо исламалда чиясе гьечӏо, гьеб бичӏчӏулеллъун лъугьаги нилъ, Амин.\n* * *\nШагьаралда гӏумру гьабун ругониги, нилъер гӏемерисел магӏарухъа рачӏана ва киназдаго ракӏалда батила гьитӏинаб заманалъ Гӏашурадул къоялде мугь белъунеб букӏараб куц. Гьелъул букӏараб тӏагӏам. Цӏоросаролъги, багӏаргьологи, чӏегӏергӏологи, ролъги жубан гьабураб мугь. Хасго гьоркьобе рехизе заман барал, бакъвараб гьанал хьалбалги, гъорлъе гъаран-пурчги жубан гьабураб мугьалдаса букӏунеб тӏагӏам нужер щивасул кӏалдиб батила.\nДун гьитӏинаб заманалда росдал хьагалги лъун, белъунаан гьеб. Хасго «метер нижер авалалда кӏудиял хьагалги ран мугь базе буго» абураб пикруялъ рекӏелъе рохел рещтӏинабулаан. Цо нухалъ, ракӏалда буго, школалдецин инчӏо дун гьеб къоялъ. Рохел букӏана. Гӏаммаб ишалда гьоркьов гӏахьаллъизе бугеб гъираялъ дида цогидаб жо кӏоченабуна. Чӏилидахъ лъурал чӏахӏиял хьагазул цоялда жаниб цӏоросаролъ, цогидазухъ — багӏаргьоло, гьоло, ялъуни ролъ. Бицунеб чӏагояб хабарги, цоцазе гьабулеб махсараги — гӏураб аваданлъи букӏунаан.\nУмумузул заманалдаги мугь букӏана бищун къиматаб квенлъун. Хасго ракъул заманалда чан чиясул рухӏ хвасар гьабураб гьелъ. Гьарзаго мугь белъине цӏоросаролъги цогидабги киса доб мехалъ щолеб букӏараб? Дангъура цӏураб цӏоросаролъги, гьелъул гъурудги гьабун ракъи хӏехьана нилъер умумуца.\nУнкъо бесдалал жиндего тӏаде ккарай дир росулъа гӏадамалъ (Зайнаб букӏана гьелда цӏар) гьабулеб букӏун буго хъизамалъе дол ракъул соназда гъуруд.\n«Къаси кьижидал, рухӏ къваригӏунаро, дир лъимал, тӏаса тӏокӏкӏелги ххун, те къаси. Жибго гъуруд метер кванай, къад нужедаго хӏалтӏизе рухӏ букӏине», — ян абулаанин гьелъ жидедаян бицуна жакъаги дир мадугьал Ашаханил Мухӏамадил Патӏиматица. Жакъаги чвахун бачӏуна гьелъул магӏу дол захӏматал соналги, кӏодоэбелалъ жидедаго абурал рагӏабиги ракӏалде щвезарулаго.\nГьанже гӏадин, гьарзаго мугь базе цӏоросаролъ щолароанин цебейилан бицана дир мадугьал Мухӏамадрасулил Мухӏамадил Хӏасибатица.\n— 1942 соналъ гьаюрай чӏужу ккола дун. Рагъул заманалъул лъимер. Ракъул заманалъул кьогӏлъи бихьана дидаги. Кӏудияб хъизамги букӏана, гӏорцӏизегӏан кваназе квен кисаха щолеб, щолароан. Дида ракӏалда буго, садакъаде цӏоросаролъ бикьулеб бугин росдацаян гӏакӏа ахӏулеб рагӏун, эбел гьелда хадуй ин ва дангъура цӏураб цӏоросаролъги босун, рокъое ячӏараб куцги. Микьгоял рукӏана нижер лъималазул. Гьеб дангъура цӏураб цӏоросаролъги цӏетӏа гьалулеб хьагинибе бан, гьеб белъиналъухъ балагьун, сабру хун ругел нижги — гьеб сурат хутӏана рекӏелъ. Гьелда гӏейги гьабун тӏубалаан бог.\nГӏашурадул къоялдеги балаанха дун гьитӏинаб мехалъги мугь, амма гьанже гӏадин росдал хьагал цӏун, белъине гӏураб къадаралда гьеб щолароан. Рокъо-рокъоб белъинабун, хадур киналго дандеги ракӏарун, росдада бикьулеб букӏун батилаха гьеб. Амма ункъо-щуго мугьги цадахъ белъун, гьоркьоб бугеб беэнлъиги жубараб гьелъул букӏараб тӏагӏам жеги бугин дир кӏалдибилан ккола. Гьединаб къимат букӏана цебе кунеб жоялъул. Гьанже щиб бокьаниги буго кваназе, амма гьелъул къимат гьабизе лъалеб гьечӏо гӏелалда. Азда ракъи бихьичӏо, бихьарав чиясда гурони, ракъул захӏмалъиялъул кьогӏлъиги, чадил кесекалъул бугеб мегӏергӏан кӏудияб къиматги бичӏчӏуларо, — ян бицана дир мадугьал Хӏасибатица.\nГьедин абулеб буго гӏумруги бихьарал, захӏмат гӏакъубаги къулчӏарал чагӏаз. Бихьарасда дунялги гьелъул къварилъиги гӏатӏилъиги лъала. Заман цо бакӏалда чӏун гьечӏо. Букӏана нилъер тарихалда рикӏкӏен гӏемерал рагъалги, ракъул заманги, гӏуруги гьанкӏун, хурзал рекьарал умумулги. Анкьумумузул заманалда бачӏун, щвараб буго нилъехъеги Гӏашурадул къоги, гьеб къоялъ белъунеб мугьги. Баркат лъеги гьелда. Гьелъул тӏагӏамаб махӏги, черхалъе гьелъ кьолеб татуги нилъее жеги гӏемер мехалъ камугеги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "19453-mungo-tiade-k-ularab-tiokikiarab-itsts-kiochonge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19453-mungo-tiade-k-ularab-tiokikiarab-itsts-kiochonge", "title": "Мунго тӏаде къулараб, тӏокӏкӏараб ицц кӏочонге…", "date": "2022-08-12 05:54:36", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "«Лълъурдузда нахги бахун, гӏури тӏутӏулел оцал», — гьедин цебе чӏезабулеб буго захӏматал рагъул соназда тӏощел гӏезабулаго нилъер умумузда бихьараб къоялъул сипат, магӏарулазул гьунар бугев шагӏир Гӏабдулмажид Хачаловас.\nГьаниб хьибилалда лъун бугеб, Гӏашурадул къоялъул хиралъиялъул хӏакъалъулъ дица хъвараб макъалаялда жаниб бицухъе, нилъер умумуз гӏемераб гӏакъуба-къварилъи къулчӏизе ккана рагъул соназ. Гьезда ракъи бихьана. Ракъи абуни, кутакалда захӏматаб жо буго. Гьабсагӏат нужеда ракӏалде ккезе бегьила, цӏакъ гӏемерав вакъун, къечон дунялалда къоял тӏамурав чияс гӏадин бицунеб бугин дица. Битӏараб буго, умумузда гӏадин ракъул соназул захӏмалъи дида бихьичӏо, бихьичӏо гьеб дир гӏелцояздаги, бихьизе хъванги батугеги. Амма бугелда бугин абуни, дидаги гьитӏинго лъана чадил къиматги, бекьараб хуралъ гурони, тӏощел кьолареблъиги.\nБукӏана дир лъимерлъиялдаги рокъоса ролъ, чакар ва цогидабги нигӏмат лъугӏараб мехалъ. Хӏабургъарал 1990 абилел соназул лъимер вукӏиндал, цояца дунял чункулеб, цогидаз чехьалда рачел къазе ккарал соназул нугӏлъун вукӏана дунги.\nАмма кигӏан хӏабургъарал рукӏаниги, жакъасеб къоялде дандеккун балагьани, чӏаголъи бугел, аваданал соналги рукӏана гьел, гьереси щай. Доб мехалъ хурзалги рекьулаан, херги бецулаан. Росулъ чӏаголъи букӏанаан. Гьанжейин абуни…\nИсана гӏадаб гьава-бакъги рекъараб, тӏабигӏатги беричаб рии цоги букӏинчӏин жидер гӏумруялдаян абулел чагӏи гӏемер руго. Киданиги хер бижичӏел, «кьварул ракь бугин» абулеб бакӏалдацин бижун буго гьеб магъилъ. Хӏатта, ганчӏидацин баккун буго гӏурччинхер.\nГьабсагӏатги гьал мухъал нужее дица хъвалел руго отпускалъул заманалда росулъ вугев чияс. Магӏарухъ тӏадбан буго рии. Август моцӏ магӏарухъ кидаго букӏана харил гӏужлъун. Гьеб бецулел, бакъвазабулел, хӏамузда лъун рокъобе баччулел – доб дун гьитӏинаб мехалъ букӏараб чӏагояб сурат гьечӏо росулъ. Бечӏан буго сверухълъи…\nГьадигӏан бечедаб рии гӏадада биччалароанин жидеца, пайда щибхаян, угьун биччалел руго хӏалтӏун ругьунал, гьанже махӏабазда унти ккун, магъилъе рахъине кӏоларел ригь арал чагӏи.\nАмма дида киданиги ракӏалде ккелароан гьадинабги заман бачӏинилан. Дир лъимерлъиялъул бищун талихӏал соналлъун хутӏана хурив-хариниве хьвадулеб заман. Бецараб харил махӏ, хур бекьулел оцазул гӏедегӏинчӏеб рилълъин, умумул хьвадараб сухъмахънух, нухлул яги ссанул ракьанда батулеб цӏорораб ицц.\nКвербацӏцӏалда тӏадги къан, хурибе цӏадахъ босараб кванидаса букӏунеб букӏараб берцинаб махӏ. Хурул ракьандаги кун хӏанчӏараб чадил тӏагӏамго батӏияб букӏана.\nГьеб кинабго букӏана нилъер гӏумрудулъ. Долго хурзалги, долго харибакӏалги жакъаги руго магӏарухъ, амма гьел чияхъго руго жакъа… Гьел гӏадамазда ракӏги хун, ялгъузго хутӏун руго…"}
{"slug": "19454-turistal-giemerl-i-l-ikiishch-kveshishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19454-turistal-giemerl-i-l-ikiishch-kveshishch", "title": "Туристал гӏемерлъи: лъикӏищ, квешищ?", "date": "2022-08-12 05:56:23", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Ахираб кӏиго соналда жаниб пандемия сабаблъун ругел гӏорхъичӏваяз къватӏисел улкабазде хӏухьбахъизе ине квекӏен ккеялъ, нилъер республикаялде ранго ран рачӏине байбихьана хӏатталдаса ун гӏемерал туристал. Цо-цояз гьелдасан жидеего хӏалкӏвараб пайда балагьулеб буго. Цогидазейин абуни рекӏее къабуллъулеб гьечӏо къватӏиса рачӏарал гьалбал нилъер гьанир гӏемерлъи. Гьеб суалалда тӏасан жамгӏиял гьиназдаги боркьарал бахӏсал унел руго нилъер ракьцоязда гьоркьор.\nГьелда бан нижер пикру ккана ракьцоязда гьоркьоб гьикъа-бакъи гьабизе:\nСагӏадула Хӏайбулаев, Хӏариколо росдал бегавул:\n— Магӏарухъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазе жидеего гӏарац, магӏишат гьабизе рес щвей гурого, щибго зарал дида бихьуларо. Масала, нижер Хӏариколо росулъ буго гьалбал къабул гьарулеб ункъогӏаги этно-рукъ. Цо чиясдаса сордо-къоялда жаниб, вегизавуралъухъги кваназавуралъухъги щола гӏага-шагарго кӏиазарго гъурущ. Гьелде тӏадеги, жидерго хӏан-нах, гьан, даруял хурдул, гьоцӏо, урба — гьединал жалги ричулелги руго гьезие. Гьединал рацӏцӏадал, гъорлъ химикат гьечӏел нигӏматал гьезие цӏакъ рокьула. Заралги пайдаги бараб буго нилъ гьелгун хӏалтӏиялда, нилъерго бугеб бербалагьиялда.\nДагъистаналъул тарих лъалел, лъай бугел гидалги дагь гурого гьечӏо. Дида чанги рихьана магӏна-гӏин гьечӏел жал рицунел гидал. Туристазул нилъералде данде кколареб хьвада-чӏвадиялъул гӏайибги, узухъда, гидазда буго. Нилъеца рокъове гьобол вачунеб мехалъ абула гури, масала, рокъоб жаниб хъалиян цӏазе бегьуларин. Нижер росулъе гьедин рачӏарал гӏадамал дида жеги рихьичӏо. Хӏариколоре рачӏунел туристазул къадарги къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб руго. Хунзахъе унаго нухдасан мугӏрузул каранда бекьун бугеб гӏадин, тӏаса гъоркье балагьараб нижер росуги бихьун, интерес ккун рачӏуна гӏемерисел гьанире. Гьез гӏажаиблъи гьабула, гьадинаб бакӏалда кин нужеца яшав гьабулебилан. Нижеца гьалбадерие гьенир гьарун руго сверун къарал хал гьабиялъул площадкаби, гӏодор чӏезе беседкаби. Гьабихъеги рачун хьон, гӏатӏ ххунеб къагӏида ва гьединго росдал гӏадат-гӏамал, фольклор бихьизабула. Гьеб киналъулго бицунев кӏиго гидги вуго росулъ. Рачӏуна батӏи-батӏиял блогерал. НТВялъул журналистас передачаги бахъун букӏана жакъасеб нижер росдал ва гьалбал къабул гьариялъул хӏакъалъулъ.\nМурад Багъилов, Къорода-Кьода гьоркьохъеб школалъул директор:\n— Дагъистаналде туристал рачӏиналъулъ цӏикӏкӏунисеб къадаралъ пайда бугин тола дица. Магӏарухъ, хасго гьитӏинал росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазе рес щвана гьезие кваназе, рега-рахъине бакӏал гьарунниги, пихъ-мичӏ бичунниги жидеего бетӏербахъи гьабизе.\nДандекколел шартӏал чӏезарун гьечӏолъиялъ, цо-цо квалквалалги камулел гьечӏо. Машинаби гӏемерлъун руго ва гьел чӏезарулел хасал бакӏал гьечӏолъиялъ нухазда чӏезарун тезе кколел руго. Хасго нижер гьаниб Къорода Бецӏкъварилъухъ гьел гӏемерлъараб мехалъ квалквал, санагӏатбахъи букӏуна гьезул. Республикаялъул бюджеталъеги пайда букӏинарищха.\nУнкъо-щуго соналъ цере рукӏаралдаса цере шартӏал гӏемерго лъикӏлъун руго. Амма гьел жеги щвалде щвезаризе ккола. Узухъда, Россиялъул цогидал шагьаразда, масала, Сочиялда, Анапаялда гӏадал шартӏал нилъер гьанир гьечӏо. Республикаялъул бетӏерасги районазул бутӏрузги гьелда тӏад хӏалтӏиги гьабулеб букӏин бихьулеб буго дида. Туристазе цо ккураб багьа чӏезабурал туризмалъул базаби дагь руго.\nДида кколаро, гьанире рачӏарал гӏадамазул ретӏа-къайги рукӏа-рахъинги берцинги бихьун, гьеб хадуб такрар гьабизе нилъер гӏун бачӏунеб гӏел лъугьинилан. Щайин абуни, нилъеца гьитӏинаб къоялдаса нахъе малъула ва мисал бихьизабула нилъер хьвада-чӏвадиялъул. Рокъор ругел эбел-инсудаса, чӏахӏияздаса гурони, цо къоялъ рихьулел, къватӏиса рачӏарал гӏадамаздаса мисал гьез босиларин кколаха дида. Лъабго-ункъо соналъ цебе гӏадин, аят гьечӏого, толо-гъолон рачӏунезул къадарги гӏемер дагьлъанин абизе бегьула. Цо-цо гьоркьо-гьоркьор, цадахъ гид гьечӏого рачӏарал, ялъуни цодагьав «бетӏер гьечӏев» гид цадахъ ккедал, камулел ратиларо гьединал хӏужаби.\nРукъият Асадулаева, Хасавюрт район, Цӏияб Ичичӏали росу:\n— Туристал къабул гьаризе нилъ цодагьал гӏедегӏанин ккола. Гьелъие гъоркьбакӏ хӏадуризе, хӏухьбахъи гьабизе рачӏарал гӏадамазе рукӏа-рахъиналъе чара гьечӏого къваригӏунел шартӏал чӏезаризе кколаан цин. Хасго кӏвар бугеблъун ккола цӏуна-къай гьабиялъул ва рацӏцӏа-ракъалъиялъул суал. Масала, туристал рукӏуна лъикӏа-лъикӏал шартӏазде, ресазде ругьунал чагӏи. Жамгӏиял гьиназда чанги бихьана къватӏиса рачӏарал гӏадамаз рацӏцӏа-ракъалъи гьечӏолъиялъул рахъалъ бадирчӏваял гьарулел.\nКамулел гьечӏо, дораса хъущтӏун, гьанисан рортун, туристазе нилъер ракьалда къадар ккарал хӏужабиги. Гьединлъидал, цӏуна-къаялъул суалги щвалде щвезабун, камил гьабуни, лъикӏ букӏинаан. Дагъистаналда хӏинкъи цӏикӏкӏараб хӏал бугинги абун, гьанире рачӏунел гьалбал нахъаса къотӏизеги рес буго.\nГьединго, нагагь нилъее гӏадатияб гуреб гьезул хьвада-чӏвадиги берцин бихьизе рес буго гӏолохъанаб гӏелалда. Щайин абуни, гьеб буго сунцаго кверде росизе бегьулеб ригь. Бетӏер бекилалде бухьине кколин абухъе, гьелде кӏвар кьезе ккола бищун цебе рокъоб эбел-инсуцаги, школалгун мадрасабазда мугӏалимзабазги, мажгитазда дибирзабазги. Лъикӏ букӏина Дагъистаналъул гӏорхъодаго гьезул ретӏа-къаялъул хал-шалги гьабун, нилъер гьаниб данде кколебги кколаребги жо гьезие баян гьабуни. Гьелъулгун лъай-хъвай гьабунин абун, гъулбасинабизе ккола. Нагагь гӏорхъичӏваял хвезаруни, гьабизе хасаб гӏадлу-тамихӏги ургъизе ккола.\nМарьям Шафиева, этно-блогер:\n— Дир пикруялда, Дагъистан жеги хӏадур гьечӏо гьединаб къадаралда туристал къабул гьаризе. Гьелдасан хайир щолел цо-цо гӏадамазе гурони, республикаялъе гьелъул щибниги пайдаги гьечӏо. Щолеб кепкил гурого ургъел гьечӏел цо-цо туризмалъул гӏуцӏабазул хӏалтӏухъабаз туристазул рукӏа-рахъиналда хадуб халкколеб гьечӏо, гьез тӏекъал жал гьарулел рихьараб мехалъгицин руцӏцӏухӏунги чӏолел руго, жидеего щолеб хайир къотӏичӏого букӏине. Гьелъ нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъе кӏудияб зарал гьабизеги рес буго.\nГӏолел гьечӏо профессионалиял гидал ва гьединалго туризмалъул гӏуцӏаби.\nДагъистаналъул гӏадат-гӏамалалде данде кколареб гьалбадерил рукӏа-рахъиналъ нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъе, хасго балугълъиялде рахинчӏел лъималазе лъикӏаб гьечӏеб мисал бихьизабулеб бугин рикӏкӏуна дица. Дирго гӏумруялда бищун квешаллъун дица рикӏкӏуна 1990-абилел сонал. Гьаб ахираб заманалда кинабго лъикӏаб рахъалдехун сверулеб буго. Гӏемерлъулел руго бахча-хьвараб ретӏа-къаялъул гӏолилал. Лъикӏаб рахъалдехун сверун унеб жо, квешаб рахъалдехун гьетӏилилан хӏинкъун йиго дун. Амма гьебги туристазул гӏайиб гуро. Киназдаго гуро лъалеб пуланаб бакӏалъул рукӏа-рахъиналъул низам. Руго киналъулго цӏех-рехги гьабун, гьебги гӏадахъ босун, турагентствабазул кумекалдалъун рачӏунел туристал. Амма жалго лъикӏал лъугьун рачӏунелги камулел гьечӏо.\nГъоркьиса ралъдал рагӏалдаса лъималгун тира-сверун рачӏунаго, толо-гъолорал рос-чӏужу рихьана нижеда. Тӏолабго черхалда татуировкабиги ругоан гьезул. Дир лъимал гӏажаблъун хутӏана гьел рихьидал. Аскӏоеги ун, бадибчӏвай гьабизехъин букӏана, амма дидасаги цеве цоги бихьинчи ккана. Рокъое щвейгун лъималазулгунги гара-чӏвари гьабуна.\nЭркенаб заман бугинги абун, нилъеца гьелде квер хьвагӏун тезе бегьуларо. Дир пикруялда, гьеб иш мухъде бачине бегьула гьадинаб къагӏидаялда: республикаялъул даражаялда, рукӏа-рахъиналъул тӏалабал жанире рачараб законги, гьел рехсараб мажмугӏги бахъизе бегьула. Нагагь, гьалбадерица гӏадлу хвезабулеб бугони, гьезда тӏад гӏакӏаги къотӏизе. Гьелъ кумек гьабилаан гьеб суал рукӏалиде ккезабизе.\nИбрагьим Хӏасанов, гид, Шамил районалъул Гьоориб росу:\n— Туристал цӏикӏкӏиналъулъ, узухъда, лъикӏал рахъал гӏемер руго. Нижер росулъ хӏалтӏи щоларого рукӏаразе хайир гьабизе рес щвана. Тӏадежоялъе нухалгун кьоялги къачӏалел руго. Лъабкъого соналда жаниб жамагӏаталда гьабизе кӏвечӏеб, 100 метралъул халалъиялъул, хӏинкъи бугеб, чанго чи гъоркье рехараб рагӏал, рачӏарал туристаз гӏарацги биччан сверун къана.\nГӏемерал хӏукуматал руго туризмалъ бечед гьарурал. Гьединго, нилъер республикаялъул цебетӏеялъеги гьелъул квербакъи гуреб жо гьечӏо. Щивав республикаялде вачӏарав туристас гьаниб тараб гъурущ буго нилъер бюджеталъеги халкъалъеги щолеб хайир.\nЦо-цо росабазул жамагӏатазеги рекӏее къабуллъулеб гьечӏо туристал къабул гьаризе. Дида гьединалги ричӏчӏуларо. Нилъер ракьалда гьобол кидаго вукӏана бищунго къимат тӏадегӏанав чи. Р. Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб тӏехьалдаса цӏалун букӏана дица гьадинаб лъугьа-бахъин. Цо херав вукӏун вуго нухлул рагӏалда гӏодовги чӏун гӏодулев. Мун щай гӏодулевин гьесда гьикъидал, гьес жаваб гьабун буго жиндие Бетӏергьанас тамихӏ гьабунилан. Щиб сабаблъунин гьикъидал, херас жаваб гьабун буго, щиб гӏилла бугебалиги лъаларин, амма жиндихъе лъабабилеб къоялъ гьобол вачӏунев гьечӏин. Гьединал гьобол-гьудул хириял наслабаз-нилъеца нилъер гьоболлъиялдаги, культураялдаги, некӏсиял бакӏаздаги рухӏдаллъун рачӏунел гӏадамал нахъчӏвазе бегьилищха. Щибаб миллаталъул букӏуна жидерго ретӏунеб ретӏелги хьвада-чӏвадиги. Гьезул доре щведал, жидер форма-хьит гурого ретӏунгеян нилъеде тӏаделъуларогури. Къойил нилъехъе рачӏунел туристаз гӏолилазе квешаб мисал бихьизабизе бегьулин абураб пикруялда дун разияв гьечӏо.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "19455-nigimatl-un-kurab-rak-rokuk-l-uleb-shchaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19455-nigimatl-un-kurab-rak-rokuk-l-uleb-shchaj", "title": "Нигӏматлъун кьураб ракь рокьукълъулеб щай?", "date": "2022-08-12 06:29:55", "categories": ["magiarukh"], "text": "Унгоха гьайбатлъи, инсанасе гӏоло Тӏадегӏанас бижараб тӏабигӏаталъул бечелъи.\nЧчугӏие лъим, хӏанчӏие зоб, инсанасе ракь. Бичун босизе багьаябги ракь, тӏалабго гьабичӏого рехун тарабги ракь. Ракьал сабаблъун кколебщинаб питна хъизаналда ирс бикьулаго, хурул мадугьалзабаз галул манзилалъул бицун, росабазул мегъазда гӏорхъаби чӏезарулаго.\nХварай ункъачол пастӏан сабаблъун кьалде кколел руго кӏиго вацасул лъимал, эбелалъул ах гьоркьоб бикьун бажаричӏого тушманлъун руго яцал. Эбел-инсуца гьабун кьураб ах, гьениб жаниб бан кьураб минаги чӏунтизе тун шагьаралде гочарал васал цӏакъ гӏемер руго. Ахир, ирс бикьулаго, гьезул васал кьаллъизе руго инсуца чӏунталиде ккезе тараб рукъги ахги сабаблъун. Лъарагӏлъуда хьуцӏ бакъвазабурабги цо натӏ ракьул къиматаб, магӏарухъ тӏогьода босараб инсул ах кӏочон тей гьечӏищ гӏажаиблъи.\n«Нижер ракьалдаса шагьра бахъуге, лъадал рогӏрал лъоге, нижер, дир, дие..» Ракьалъ кӏкӏунев инсанасе ракьалда тӏад бокьулебщинаб кверщел! Ахир чӏорого унел кверал, гьанибго толеб дунял.\nНагагьлъун цо чияс, букӏин гӏадамазда кӏочараб, щибго хайир босулареб ракьалъул анцӏго метралдаса пайда босизе, гьеб хӏалтӏизабизе лъугьани, кӏалъалелщинал кӏалал! Дов чияс ракьул бокӏон кӏкӏвине бугеб гӏадаб хӏисаб букӏуна. Гъоб анцӏго метралда сверухъ жеги анцӏгогӏан цӏикӏкӏун манзил халкъалъего санагӏаталда къачӏаниги гьезда халлъуларо, хъантӏиялъул кутакалъ.\nРохьал — гьез кьолебщинаб лъикӏлъи чӏагоябщиналъе! Гьезул гьабулареб къимат, тӏалаб. Жидеего хӏажаталъе цӏул хӏадурулаго гъурун гӏодобе бараб кьили-калалъ гӏадамасеги хӏайваналъеги гьабулеб квалквалалъул агъазги букӏунеб жого гуро. Эхедегӏан бакӏалда, цо рохьил рацӏалъуде рахиндал, бугоан росулъа эхеде баччун бараб рощнол гохӏ.\nГьайбатаб лъарал чваххи бихьизе кӏкӏалал рагӏаллъуда лъалхъани, батула ракӏгъанцӏулеб, памперсалгун пластикалъул тӏагӏел-алат жубараб рощнол «гӏор». Огь, гӏадамил лъимер, дур хъантӏи, гӏассилъи, нигӏматлъун кьураб ракьалъул гьабулареб къимат! Эркенлъи хӏалакиялъ, рикъзи гьарзалъиялъдай гьадигӏанго загӏиплана инсан?\nХарабазул накъит — гӏумруялъул чваххи борцунеб роцен\n«Цебе гьаниб хур букӏана, гьанже рохь гӏун буго, гьалъал гъугъдул руго бекьизе ракьул бокӏон ганчӏидаса бацӏцӏад гьабулаго гӏурал»- беразулъ пашманлъигун бицуна цӏикӏкӏарал чагӏаз. Цебесебги гьанжесебги борцунеб роценлъун лъугьуна, нухда дандчӏван анцӏго минуталъ лъалхъаниги, гьезулгун накъит.\n— Магӏарухъ ракь къиматаб букӏана кидаго, росдада аскӏобегӏан рохьил гъутӏби гӏезеги толароан. Гьанже гьал рекьичӏел ракьазухъ, ракьал рацун росдада гӏагарлъухъе щварал рохьазухъ балагьун ракӏ унтула, — ян гӏарзахъдилей йиго, жиндирго хуриса юссуней ригь арай гӏадан. — Гӏака хьихьизе бокьулеб гьечӏо росулъ гӏумру гьабун ругел гӏемерисел руччабазе, гьитӏинлъун, лъугӏун унеб буго гӏачиязул рехьед. Кӏвахӏаллъиялъ ханлъи гьабун буго гӏолохъанаб гӏелалда. Дуцаго халгьабе, чӏобого буго цебе гӏи-боцӏул цӏун букӏараб мегӏер-гӏалах.\n— Лъица щиб бицаниги, бихьинал тамахлъун руго сундулъго, -ян абулеб буго херав Гӏабдулагьица, гӏалхул хӏайванал рукъалда цере рачӏунеб хӏалалъ, ракьалъул хважаинлъи гьабулеб гьечӏо гӏолохъабаз. Пихъил ахал, гьацӏул тӏалаби толаро цияз, чакъалазул гӏавусди буго ахӏулеб щибаб какда данде. Цохӏо нижер росулъ 17 бече чӏвана араб соналъ чакъалаз, сверухъ росабалъги рукӏана гьелго гӏарзал. Канализациял рухъулел, унитазал лъолел руго гьал, чорхое, чохьое санагӏалъаби рекъезарулаго, азбаралъуб бугеб хӏажатханаялъуре рахъине захӏмалъун. Чӏухӏарал минаби рала, спорталъе майдаби гӏуцӏула. Чӏунтун руго ахал, чӏорого руго умумузул мегъал. Росулъ магӏишат гьаби — гьеле сахлъиги спортги гӏадамасе. Бегун хвараб къаркъала къо ккедал хьадарлъулаян абулаан умумуз. Хӏалтӏуларев кваналароянги букӏунаан колхозчагӏазе балеб ахӏи. Гьанже кваналел руго киналго. Тукада памперс батичӏилан, огь гьал ясазде кколеб къо! Лъимада гьебги бан телефоналде къулизе ккеларищха ал! Гӏезабулеб ах гуро, бегьулеб бахча гуро азул. Базе рогьо лъугӏараб заман буго бачӏун. Ракьал хӏалтӏизарулелги руго цо-цо хъизанал, гьездасаниги мисал босулебани цогидазги.\nМегӏер-гӏалах гӏи-боцӏуца берцин гьабула, росдал къватӏазе гӏумру кьола инсанасул хӏетӏ-квералъ, мегъал чӏаголъула гьелчолел тӏорщалил хурзаз — кинабго буго гӏадамазул кодоб.\nМичӏчӏица хӏанчӏулеб бугила\n«Инаро, бокьун гьечӏо», — ян гӏодулев вас ясли-ахалде витӏизе хӏадурулей йиго эбел.\n— Баба, дун жакъа унаро Мухӏамад садикалде вачун.\n— Щай?\n— Мичӏчӏица хӏанчӏулеб буго нижер гьурмадаги квераздаги. Гӏайшат йитӏе, гьей йорхатай йиго.\n— Йо, дун бачал гъезе ине ккола. Мун квералги рахчун аха.\n— Илъа, шагьранухалъ а, гьениб мичӏчӏ букӏунаро,- ян буюрана эбелалъ.\n— Кверал эхеде ккун аниги, хӏанчӏулеб буго мичӏчӏица. Шагьраялдаги машинаби рукӏуна. Велосипедалгун васалги. Дун хӏинкъула, инаро, — ян гӏодана яс.\nШагьранухккун вацги ясли-ахалде щвезавун ячӏуней кӏудияй яс сагӏаталдасан щвана рокъое.\n— Мун щай гьадигӏан кватӏарай, бакъ зоб бакьулъе щолеб буго, бачал гъезе кколарищ?- ан ясалде семулеб гьелъул гьаракь къотӏнобе рагӏулеб букӏана.\nГьеб ахӏи-хӏуралда тӏаде, жиндирго ахикьа микьирги босун ячӏана херай мадугьал.\n— Баркаман, исана гӏемер бижун буго гьаб. Лъималазе босун йилълъана. Нужер гьабги бакъулаб рахъ буго, гъутӏби лъикӏ рижилаан.\n— Ал сундасаго махӏрум гьаризе ккун руго жакъа, мекълъун руго радалго. Садикалде инарила, мичӏчӏица хӏанчӏулеб бугила жидеда..\n— Дун гьитӏинаб мехалъ нилъер росулъ йикӏана Бика абулей гӏадан. Гьей гӏемер ятулаан къватӏахъ чӏахӏ бетӏулей. Хӏетӏ-квералда хъвалеб мичӏчӏ нижер авалалда кибниги букӏараб ракӏалда гьечӏо. Рацӏцӏадал къватӏал рукӏунаан. Кигӏан бакъбараб соналъги, гӏадамазул гьорал жеги чӏорогояб заманалъ Бикал чӏарал гӏуцӏцӏ гӏолаан. «Къватӏахъ гӏурччинлъи цӏикине толаро алъ»-ин абун гьелде рагӏи рехулелги камулароан. Гӏиндабакӏайги йикӏана, мунагьал чураяй. Хӏажатасе хурибе бачине оцги, бичизе нах-хӏанги кидаго камулароан гьелъул. Гьанже къватӏахъан мал бахъизе бегьулеб хӏалго гьечӏо. Гьанже лъалеб буго гьелъул къимат. Бикал авалги чӏунтана. Диргоги бажари гӏоларо къватӏал рацӏцӏине.\nГӏодое къулун гӏенеккана лъималазул баба херай мадугьалалъул харбихъ.\nКъалъудаса хадуб, лъимал ясли-ахалдаса рачине заман щвелалде, хъатикь харицелгун къватӏал мичӏчӏидаса рацӏцӏине щвана гьей.\nПатӏимат Гьитӏинова"}
{"slug": "19456-koronavirus-tiadbussana-amma", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19456-koronavirus-tiadbussana-amma", "title": "Коронавирус тӏадбуссана, амма…", "date": "2022-08-12 06:41:07", "categories": ["vakcina"], "text": "Ихдалги риидалги коронавирусалъул хӏакъалъулъ харбалги дагьлъун, парахаталда рукӏарал нилъер рахӏат хвезабуна улкаялдаго унтаразул къадар цӏидасан цӏикӏкӏунеб букӏиналъ. Августалда, Россиялда гьеб вирусалъул анкьабилеб карачелалъул кутак цӏикӏкӏине бугин абун, цереккунго палал къотӏун рукӏана биологаз ва инфекционистаз. Улкаялдаго июлалъул ахирисел къояздаса нахъе коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏине байбихьана. Анлъабилеб ва анкьабилеб августалда гӏага-шагарго 20 000 чи унтана коронавирусалъ. Тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе коронавирусалъ унтаразул къадар гьедин цӏикӏкӏун букӏинчӏо. 10 августалдайин абуни, унтаразул къадар 23711 чиясде бахана. Коронавирусалъ унтаразул къадар цӏидаса цӏикӏкӏунеб бугин, унтул цӏияб карачел байбихьанин абурал харбаздаса хадур, кидаго гӏадин, гӏемерисел гӏадамазда гьоркьор бичӏчӏунгутӏиялги раккана. Гьелда сверухъ социалиял гьиназдаги кьучӏ гьечӏел щакдараби раккана.\nМасала, гьал къоязда «МКRU» Интернет-порталалда, инфекционист, профессор Николай Малышевас бицунеб буго август моцӏалда коронавирусалъул кутак цӏикӏкӏине бугин ва сентябралда гӏодоцинеги бугин абун. Гьединго цогидалги федералиял информациялъул сайтаздаса бицунеб бугоан улкаялдаго коронавирусалъул кутак бергьине букӏиналъул хӏакъалъулъ.\nКоронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏине букӏин цебеккунго кин лъазе кӏолеб? COVID-19-ялдаса цӏуниялъе чӏезарун рукӏарал гӏорхъаби, ай маскаби, гӏадамазда гьоркьоб 1-5 метр манзил цӏуни ва цогидалги тадбирал цӏидаса тӏадруссинаризе рес бугищ? Нилъер республикаялда коронавирусалъ унтаразул кинаб ахӏвал-хӏал бугеб? Гьаб нухалда коронавирусалъул кинаб хӏинкъи бугеб? Гьел ва цогидалги кӏвар бугел суалазе жавабал цӏехон, ниж щвана Махӏачхъала шагьаралъул тӏоцебесеб клиникияб больницаялде (ГКБ№1). Тӏоцебесеб ГКБялъул бетӏерав тохтурасул, сах гьариялъулаб хӏалтӏул рахъалъ заместитель Лайла Хӏажиевалъ бицана больницаялда жакъа къоялда коронавирусалъ унтаразул бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва цогидалги кӏвар бугел суалазул хӏакъалъулъ.\n— 8 августалда ГКБялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Маллаевас жиндирго Телеграм-каналалдаса бицана коронавирусалъ унтарал 12-ял регун ругин больницаялдаян абун. Лайла Хидириевна, унтаразул хӏал кин бугеб? Унтаразул къадар цӏикӏкӏиналде хӏадурлъи гьабун бугищ больницаялъ?\n— РФялъул сахлъи цӏуниялъул амруялда рекъон, нижер ГКБялда 4 августалда рагьана коронавирус ва гьелдаго цадахъ гӏадалнахул бидул хьвадиялъул низам хвеялъул (ОНМК), острый коронарный синдром (рекӏел) унтаби ругезе кумекалъе 20 чи вегулеб бакӏ. Гьал къоязда республикаялдаго коронавирусалъул эпидемиологияб рахъ лъикӏ гьечӏо. Анкьабилеб карачел байбихьулеб бугин абизе бегьила. Унти буго гӏадатаб, вирусалъул инфекциялъул къагӏидаялда унеб. Хроническиял унтаби ругел чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал унтизарулел руго гьелъ. Рекӏелгун бидурихьазул, гьуърузулгун мащабазул, онкологиял, эндокринияб системаялъул унтаби, чакрил диабет ва цогидалги захӏматал унтаби ругел квегъулел руго коронавирусалъ.\nГьабсагӏат больницаялда коронавирусалъ унтарав гьоркьохъеб (40 сон) ва чӏахӏияб ригьалъул 12 чи вуго. Гьезда гьоркьор захӏматго унтарал гьечӏо, гьоркьохъеб хӏалалда руго. Унтаразул хӏал захӏмалъулеб буго, коронавирусалъул хӏасилалда гуреб, жидерго хроническияб унти гъоркьгоги букӏиналъ. Больницаялда коронавирусалъ унтун регун руго онкология ва острый коронарный синдром (рекӏел унти) унтаби ругелги. Коронавирусги бахун рачӏана гьел нижехъе. Гьезие стентированиеги гьабуна. Палхӏасил, церегоги жидерго захӏматал унтаби рукӏарал, гьелде тӏаде коронавирусалъги унтарал гӏадамал руго гьабсагӏаталда больницаялда регизарун. Цере гӏадин, коронавирусалъ захӏмалъаби раккизарурал гьечӏо гьезда гьоркьор.\n— Гьаб нухалда коронавирусалъул кинаб штамм тӏибитӏун бугеб? Кинаб хасият бугеб гьелъул?\n— Нилъер гьанибги, улкаялдаго коронавирусалъул омикрон штаммалъул чанго тайпа тӏибитӏун буго. Цӏияб карачел тӏибитӏизабунин абула омикрон штаммалъул B.A.5. тайпаялъ («ниндзя») ва B.A.2.75 («кентавр») тайпаялъ. Цересел штаммазде дандеккун, гьаб нухалда вирус дагьаб загӏипаб буго. Ва гьеб бигьаго тӏаса унебги буго.\nКиналго захӏматал, хӏинкъи цӏикӏкӏарал вирусал байбихьуда гӏадамаздаса яги рухӏчӏаголъабаздаса цоцазде хехго рахунел, жиндалъун цӏикӏкӏараб зарал кколеллъун рукӏуна. Гьелдалъун вирус бахарал гӏадамал яги рухӏчӏаголъаби цӏикӏкӏун хола. Амма кигӏан гӏасиябги вирусалде ругьунлъулеб гӏадат буго организмалъул. Ругьунлъула ва гьебгун гӏумру гьабизе бигьалъула.\nКоронавирусалде халкъ ругьунлъана вакцинация гьабидалги. Дагъистаналдаги гӏемерисел бакӏазда 80 ва цӏикӏкӏун проценталъ, цогидал бакӏазда гьелдаса дагьго гьабуна вакцинация. Гьелъ квербакъана гӏаммаб иммунитет гӏуцӏизеги. Гьединго абизе бегьула, коронавирусалде данде гӏемерисезул иммунитет щулалъанин киналго омикроналъ унтидал. Гьеб букӏана дагьабго бигьаяб унти, цо-цо пневмония ккаралги рукӏана. Омикроналъ рес кьуна киназего гӏаммаб иммунитет щвезабизе.\nКоронавирусалде данде иммунитет бащдаб лъагӏалица гурони цӏунун хутӏуларелъул, гьаб заманаялъ ревакцинация гьабизе лъикӏаб буго.\n— Тӏолабго улкаялдаго коронавирусалъул инфекциялъ унтаразул къадар цӏикӏкӏиналъе гӏиллалъун щиб рикӏкӏунеб тохтурзабаз?\n— Цо вирусалдаса хисун лъугьараб (мутированный) вирус цохӏо улкаялда жанибги чӏун, къватӏирехун ругездехун бахинчӏого хутӏизе рес гьечӏо. Ахирал моцӏазда жаниб, нилъер улкаялда коронавирус унтул цо-цо лъугьа-бахъинал гурони рукӏинчӏо. Гӏадамал гочарулел рукӏиналда бан нилъер улкаялдеги щвана гьеб цӏидасан. Бащдаб лъагӏалица гурони иммунитет цӏунун хутӏуларо. (Исана январь ва февраль моцӏазда улкаялда цӏакъго цӏикӏкӏун букӏана коронавирусалъ унтаразул къадар – 11 февралалда — 203943 чи (ред.). Хасало гӏемериселги унтун щвараб иммунитет, гьанже загӏиплъун букӏуна. Гьедин, бищунго иммунитет загӏиплъараб заманалда бакканин абизе бегьула коронавирусалъул анкьабилеб карачелги. Эпидемиологияб ахӏвал-хӏал лъикӏлъиялда бан, киналго гӏорхъаби чӏваяздаса инкар гьабун букӏаралъул, гӏадамазде цоцаздаса вирусги бигьаго бахине рес цӏикӏкӏун букӏана.\n— Гьанже тӏибитӏараб коронавирусалъул кинал гӏаламатал ругел? Хисун ругищ гьел?\n— Гӏадатияб вирусалъулаб инфекциялъулго гӏадал гӏаламатал руго гьанжесеб штаммалъулги: черх загӏиплъула, рукьби ва щукӏдул цӏунула, шекъер букарула, бетӏер унтула, 39 градус яги цӏикӏкӏун цӏа-кан бахуна. Лъикӏаб букӏина лъамалъи цӏикӏкӏун гьекъани. Унтарал сахаздаса батӏаго чӏезе ккола. Гьединал гӏаламатал загьирлъизе байбихьарабго аспирин гӏадал, гьороялде (воспаление) данде дараби, парацетамол, терафлю, колдрекс дараби гьекъезе бегьула. Гьел дарабаз кумек гьабула унтул хӏал дагьлъизабизе. Гӏемерисеб мехалда хӏухьел цӏалел нухазул (тӏасиял) инфекция, бакъвараб хъегӏи, ларинготрахеит гӏадаб, бронхит гӏадал унтул гӏаламаталги раккула.\n— СМИяздаса цебеккунго бицунеб букӏана, биологазул ва инфекционистазул статистикиял баяназда рекъон, Россиялда августалъ коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏине бугин, сентябралда гӏодоцинеги бугин абун. Цебеккунго кин гьеб лъазе кӏолеб?\n— Гӏадаталда рекъон, кинаб букӏаниги вирусалъул унти тӏибитӏи ва гьелдалъун унтаразул къадар цӏикӏкӏин статистикаялъухъ балагьун лъазабизе кӏола. Жакъа цо пуланаб улкаялда тӏибитӏараб вирус, цо моцӏидасан Москваялдеги щвезе рес букӏин балъголъи гуро. Бокьараб улкаялда баккараб вирус, бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал хьвадулел, гӏумру гьабулел шагьаразда тӏибитӏичӏого хутӏуларо. Хадуб гьеб тӏибитӏула улкаялдаго. Гьединаб къагӏидаялъ гӏуцӏула статистикаги, гьедин цебеккунго лъазабизе кӏола кида ва кигӏанаб заманаялъ улкаялда коронавирус тӏибитӏизе бугебалиги.\nГьанжеги гьебго жо кколеб буго. Статистикиял баяназда рекъон, инфекционистаз ва цогидал специалистаз абулеб буго августалда цӏикӏкӏун гӏадамал унтизе ругин, хадуб сентябралда унтулезул къадар дагьлъизеги бегьулин. Лъидаго лъаларо хадуб щиб ккелебали, амма цебехун букӏаралъул цӏех-рехги гьабун, статистикаялъул баяналги хӏисабалде росун, гӏага-шагарго гьедин букӏине бугин рикӏкӏунеб буго тохтурзабаз. Гьелде цебехунго хӏадурлъиги гьабулеб буго.\nЦебе гӏадаб согӏаб къагӏидаялда унтулел гьечӏелъул, гьаб нухалда коронавирус дагь-дагьккун нахъчӏвалин рикӏкӏунеб буго иммунологазги. Кинаб букӏаниги, захӏматаб яги согӏаб вирус кида-къадги загӏиплъула, гьелде гӏадамалги ругьунлъула. Гьеб буго гьелъул гӏадатияб къагӏида. Кин букӏаниги, коронавирусалъул хӏинкъи буго 65 ва цӏикӏкӏун сонал рарал, батӏи-батӏиял хроническиял, захӏматал унтаби ругел гӏадамазе. Чара гьечӏого маскаби хкезе ккола ва жалго цӏунизе ккола гьединаз.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "19457-bal-goyab-daptar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19457-bal-goyab-daptar", "title": "Балъгояб даптар", "date": "2022-08-12 06:42:47", "categories": ["kultur"], "text": "Хӏурматиял магӏарулал! «Хӏакъикъат» газеталъул редколлегиялда лъикӏаблъун бихьана ахирал саназда рахъарал тӏахьазда гъорлъ бищунго лъикӏ цӏалдолез къабул гьабураздаса цояб, 2021 соналъ республикаялъул пачалихъияб премия щвараб Мухӏамад Бисавагӏалиевасул «Балъгояб даптар» абураб тӏехьалдаса харбал кьезе.\nГьединаб тӏалаб цебегоялдаса нахъе буго цӏалдолезулги. Гьебги хӏисабалде босун, гӏемерисел дагъистаниязда лъикӏго лъалареб, рагӏичӏеб, рикӏкӏадисеб, Авар Гӏоралъул бетӏералда, Гуржистаналъулгун Азербайжаналъул гӏорхъода бугеб, жакъасеб Лъаратӏа районалда жанибе унеб Чӏурмутӏ (Джурмут) жамагӏаталъул хӏикматал къисаби, авторасул ракӏалдещвеял, инсулгун гара-чӏвариял, чабхъенал, къисасал, тӏабигӏиял хӏикматал ва цо-цо бакӏалда мистика ва доб дуниялалдаса дандерижиял нужер диваналде росизе.\nЦӏалдолез цӏакъ лъикӏ къабул гьабуна тӏехь, бокьилаан цӏаларал къисабазда хурхун нужецаги пикру загьир гьабуни.\nАдабгун Зульфия Хӏажиева\nАссаламу гӏалайкум, цӏалдолев!\nНилъ гьаб тӏехьалъул гьумералда данделъизе хӏукму букӏун буго Тӏадегӏанав Аллагьасул. Битӏараб бицани, дир хиял букӏинчӏо гьанир нилъ дандчӏвазе, амма къисматалъ рачана нилъ цоцазухъе. Бахчун щай, дандчӏван ругелъул кинабго рагьун бицина, кин ва щиб ккарабали. Гьаб дуца кодоб ккураб тӏехь гӏицӏго дир ботӏролъ бижараб пикру-хиял, дир ракӏалъул асар, ракӏалдещвеязул рахас, лъимерлъиялъул лъалкӏал, ишал ва гьезда хадув инагьдун гьабураб хъвай-хъвагӏай гуро. Гьебги буго гьаниб, амма гьеб гуреб гӏемераб цогидабги буго. Тӏоцере пикраби кагътиде росулаго, гьадаб тӏадехун рехсараб къагӏидаялда дирго пикраби ва рекӏел асар бачӏунеб букӏана цоцада хадуб.\nГьаб тӏехьалда дуда дандчӏвала гӏадамал ва жундул, циял ва кавтарал, гӏасиял хвелал ва ракӏ гъанцӏизабулел лъугьа-бахъинал, рокьигун кьал, тӏабигӏаталъул гьайбатлъигун согӏлъи ва гӏасилъи. Бихьуларо хӏажалъи гьал къисабазулги, гӏадамазул ракӏалдещвеязулги, лъугьа-бахъунелъулги рахас цоцада хадуб, гӏадлуялда, кида щиб букӏарабали мухӏкан гьабун бицине. Кинаб гӏадлу ва мухӏканлъи букӏунеб гӏадамацаги жундуцаги жидеего бокьараз бокьараб гьабулеб бакӏалда? Дида гьеб кӏвечӏо, ракӏчӏун лъала — дудаги кӏвелароан, цӏалдолев, жундул ва кавтарал гӏадлуялда хӏалтӏизаризе ва гьез гьабулелъе чӏванкъотӏараб баян кьезе.\nДунгун гара-чӏварулел чагӏи рукӏана батӏи-батӏиял. Гьезда гьоркьов аслиявлъун вукӏана Тӏомуразул (Некӏсияб Чӏурмутӏалъул) Салда росулъа Бисав Гӏалил вас Исмагӏил, жакъа нилъгун гьечӏев, мунагьал чураяв дир эмен, гьев ракӏалде щвеялъе данде гьабурабги буго дица гьаб тӏехь. Амма, букӏана цойги гьаракь. Гьеб гьаракьалъ тӏамуна дун харбида хадуб хабар лъезеги, къисаялда жаниб къиса батизеги, гьеб нужее бицинеги. Хабар бицунаго дун ругьунлъана гьеб гьаракь цогидазулалдаса батӏабахъизе. Гьеб гьаракьалъ дун тӏамуна гӏемерисел къисаби дирго цӏаралдаса рицине, хӏатта, цӏалдолев лъица щиб гьаниб бицунеб бугебали къосинавиялде кколеб хӏалалда бугониги. Лъил гьаракьха гьеб кколеб? Гьеб буго жибго некӏсияб Чӏурмутӏалъул гьаракь. Гьеб Чӏурмутӏ мухъалъ дир эмен, цогидалъуй дир ункъачо, хутӏаралъуб дир кӏудиял яцал, дие гӏагарал ва лъалел-хъвалел гӏадамал гьоркьор ккун бицана гӏасрабаца жинда жанир рукӏарал хӏикматазул, гӏадамазул, бахӏарчилъиялъулгун хӏалихьалъиялъул, гьунаралъулгун рогьоялъул, Цӏоралде чабхъеназулгун Магӏарухъ гӏумруялъул. Чӏурмутӏалъ бицана жиндирго ва жинда жаниб гӏураб халкъалъул къисматалдаса цо-цо лъугьа-бахъиназул. Гьеб тарих ва ракӏалдещвеял хӏажатазе, гьезул гьаракьгун бакъан рагӏулезе, магӏугун гьими бихьулезе, роххелгун пашманлъи гӏахьал гьабулезе ва гьелъ асар гьабулезе сайгъат гьабула дица гьаб тӏехьги.\nАдабгун, автор\nХвалилгун дандчӏвай ва тӏоцебесеб пашманлъи\nДир лъимерлъи талихӏаб букӏана. Инсуцаги дун бищун гьитӏинав вугилан гогьдаризе гьавулаан – гьевгун къацандизе кӏолев чиги хъизамалда цохӏо дун гурони вукӏинчӏо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цӏураб, вугев цӏакъав василан абураб жо гурони гӏинда рагӏичӏеб, талихӏаб гӏумру букӏана дир. Цо заманалдасан дие гьавуна гьитӏинав вац. Гьев вукӏана цӏакъго чӏагояв, тирияв, цо бакӏалда чӏезе кӏоларев лъимер. Ракӏалда буго дунго гьевгун васандулев вукӏараб мех. Ниж рохун рукӏарал куц гьес тӏоцересел галаби тӏамигун, тӏоцересел рагӏаби абигун…ракӏалда гьечӏеб балагь тӏаде бачӏинегӏан.\nЭбелги унтарасе хехаб кумек гьабизе аскӏоб росулъе ине ккун, гьитӏинав вас тола рокъов, дир яцалда аскӏов. Цо параялъ гьелъ тӏаса бер босидал, чайникалъул кварги цӏан, гьалараб лъим тӏун уна дир вацасде тӏаде. Кигӏан дару-сабаб гьабуниги, гӏемераб мехалъ кӏолеб букӏинчӏо ругънал сах гьаризе. Гьаб сагӏаталдаги рекӏелъ къан буго, эбелалъ уколал гьарулаго гьесул букӏараб гӏоди…\nДица гьарулаан эбелалда гьаруге гьесие уколал, унтулеб буго гьесдаян. Гьабичӏони дагьабги цӏакъ унтула, дир василан, абулаан эбелалъ. Гьанже бичӏчӏана дида досул цӏа-кан гӏодобе ккезабизе кӏоларого дол рукӏараллъи.\nХасалил сордо… Рогьинегӏан цо лахӏзаталъ чӏечӏого гӏодилеб лъимер… Гьесде тӏаде къулун, гьабизе жо тӏагӏарай эбел… Ракӏалда буго цо квачараб хасалил сордо магӏарухъ. Эменги вукӏинчӏо рокъов – жиндирго къваригӏелалъ районалдейищ, шагьаралдейищали ун вукӏаравали. Дун ворчӏизавуна гӏодиялъ. Валагьана юргъаналда гъоркьан- эбел йигоан гӏодулев гьитӏинав вац веэдун, гьевгун квалквадилей. Гьев гӏодове вуссинародаян берцинал, хӏеренал, недегьал рагӏаби гьесда абулей.\nЦо заманалдасан эбелалъул гьаракь тӏагӏана, вацасул гьаракь дагьабги кӏодолъана. Валагьидал, эбел досда гьумерги цузабун, нижеда рагӏичӏого букӏине, гӏиссинккун гӏодилей йихьулей йиго юргъаналда гъорлъан, цо бокӏнилъан валагьарав дида. Щаялиго дун хӏинкъана вагъаризе. Дида кколеб букӏана, дида жийго йихьарайлъи лъанани, эбел дагьайги цӏакъ гӏодилилан. Кин кьижун ккаравали лъаларо, ворчӏидал рокъов щивго ватичӏо. Вацал-яцалги кирениги ун ратилаха. Эбелги боцӏи-панз тӏубазе унаан радал. Цохӏо дир гьитӏинав вац вугоан бусада вегун. Дун вилълъана гьесда аскӏове. Чӏахӏиял беразул дир берцинав вацасул бакӏалда, дида батана батӏияб лъимер. Жанире рортун арал берал… кӏаркьабазул бакӏалдаги хутӏараб жого гьечӏоан… херав чиясул гӏадал ракъварал кӏутӏбузда тӏогьилаб кьер… хехго босулеб хӏухьел… каранда хъир-хъириги бугоан. Дица хӏал бихьана гьесие ракӏ-макӏ гьабун цо жо абизе, гьев дидехун вуссунев вукӏинчӏо. Къасиялде вуссана эмен. Эбелгун шурун цо жо бицунел рукӏана гӏемераб мехалъ. Канлъиги ссун букӏана. Боркьараб печги, хинаб рукъги, унтараб лъимералде къуларал эбел-эменги. Гъасда цӏадухъа бачӏараб загӏипаб канлъиялъ гьурмал рукӏана гьезул лъаларедухъ хисизарун.\nРадал дун ворчӏидал, рукъ буго гӏадамазул цӏун. Киналго, къацандилел гьечӏониги, цоцазухъ гӏенеккичӏого, цояз цоял къотӏизарун руго гаргадилел. Дида щибго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, чияр гьаркьал руго гӏаданир рагъилел. Эбел-эменги гьечӏо рихьулеб бакӏалда. Гьитӏинав вац вегун вукӏараб бакӏги буго бакӏа-бахарун…чӏобоголъун…\nАзбаралъув эменги цойги чиги ругоан кӏудиял лълъурдузул дегӏен хъолел. Гьурмалги ругоан гьезул кьерхун, дида бичӏчӏулеб букӏана цо лъикӏабгуреб жо ккун букӏин, амма, щиб гьебали лъазе гӏураб бичӏчӏи ва дунял бихьи букӏинчӏо жеги. Цо дагьаб добегӏан цӏадуда кӏудияб росдал хьаг рекъезабулел ругоан кӏигоял. Цӏаги бакун, дагӏнил гьан цӏеде ккезабуна росулъа цо кӏудияв чияс. Дирго гӏелбащадалгун, ракъарал ниж рукӏана гьеб хьагида сверун лъугьун, кидадай гьан белъинаян, амма дир цо дагьаб рахӏатхвей букӏана. Кӏиго суалалъ букӏана дир рекӏее хӏалхьи толарого… Киве дир гьитӏинав вац арав ва кий йигей дир эбел? Гьеб суал кьезеги бокьун букӏинчӏо дие — хӏинкъун вукӏана.\nЦо дагьаб заманалдасан нижер рокъоре лъугьун ана бихьиназул тӏел. Гьел жанире лъугьаралго, щивго чиго жанив гьечӏебгӏанги сихӏкъотӏиялда букӏараб рокъосан, гьаркьал рагӏизе лъугьана. Гьел заман бахъанагӏан кӏодолъулел рукӏана ва гӏодиялде сверана. Циндаго гьеб рукъалъул къадал риххилеб гӏадаб гӏассияб гьаракь бахъана. Нуцӏа рагьун бачӏана ва дол бихьинал лъугьана рокъоса къватӏире. Рагьараб нуцӏихъ дир бер чӏвана дирго эбелалда.\nГьей, дол къваридаб къотӏносан хехго унел бихьиназда хадуй йортизе къваригӏун, къеркьелей йикӏана, амма, руччабаз ккун, йиччалей йикӏинчӏо ва рокъое жание йилълъаян гьарулеб букӏана. Цо бихьинчияс чӏезеги чӏун гьаракь гьабуна руччабазде. Гьеб мехалъ бихьана дида гьеб тӏелалда цеве-цеве дир эмен вукӏин ва гьесда кодоб цо тӏогьилаб одеялалъулъ жемараб жо букӏин. Эбел руччабаз жание ячун ана, росдал лъимал бихьиназда хадур рекерун ана. Дун хутӏана чӏобогояб къватӏбакьулъ чӏун: гӏодулей эбелалде аскӏовейищ инев, дол лъималазда хадувищ векерилевали лъаларого. Инчӏо цонигиязухъе, мадугьалзабазул цо тӏокъодеги лъугьун, чӏалуялда гӏодовги чӏун, агьиялда гӏодана.\nДун гӏодилев вукӏана берда цере тӏамурал вахӏшиял, церехун дида рихьичӏел суратал цере тӏамун. Додин кӏудиял гьаркьал гьарун гӏодилей йигей эбел, инсул гьурмада бихьараб къварилъи, хъолаго хъирхъириялда чӏучӏадилеб букӏараб дегӏен, гьитӏинав, щибго бичӏчӏуларев, амма цо кӏудияб балагь тӏаде бачӏун букӏин лъалев дидаго гурхӏун гӏодулев вукӏана дун. Гӏодулев вукӏана балъго, гӏадамазда вихьизе гурев. Гьеб букӏана дир тӏоцебе гӏадамазда рагӏичӏого вукӏине гӏодулеб мех. Гӏемераб заман бана дица доб чӏалуялда кӏусун- квералги цӏорона, хӏатӏалги цӏорона. Дун лъицаниги валагьулевги вукӏинчӏо. Киве дун аравалиги лъидаго бихьичӏо ва диде регӏарав чиги вукӏинчӏо.\nХадуб букӏараб дагьа-макъаб буго ракӏалда. Дида аскӏой цо херай гӏадан… Гьелъ кверги ккун рокъове вачунев… Нижер рукъ… Росдал лъималги чӏахӏиялги чӏарбида гӏодорги чӏун, чедгун гьан кунел… Цо чӏегӏераб ретӏел ретӏарай гӏадан, кӏудияб гелги босун, лъималазе гьагӏу тӏолей… Добцояб рокъоб столалда нахъа бихьинал… Гьезда гьоркьов эмен… Дида кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, дир эбел гӏодилей йигеб мехалъ, кинабго росу щай нижехъ бугеб, лъимал щиб гьабулел чӏиргъи-хъуялда, рохуца холаго гьанир кваналел. Цо бокӏнив вукӏинеги гьавун, диеги тӏуна гьагӏу ва кьуна кодобе чед. Дун цӏакъ вакъун вукӏана… гуро, дун вакъун вукӏине кколаан, амма дида сундулго тӏагӏам лъалеб букӏинчӏо. Гъираго гьечӏого чед чӏамулев вукӏарав дун ахӏана эбелалъухъе. Дида ккана гьаб бецӏаб рокъоре киналниги росдал руччаби ракӏарун ругилан. Эбелалъ тӏадеги яхъун, къвалги бан, дун жиндаго аскӏов гӏодов вукӏинавуна, хӏалицаго ккун магӏугун:\n— Мун кванаравищ, дир вас?\n— Кванана…\n— Нилъер Эльдар кив вугев?, — илан байбихьулаго дун эбелалъухъ валагьана… ва ниж кӏиялго цадахъ гӏодун риччана. Руччабиги гӏодана. Гьеб хинаб рокъоб, эбелалда аскӏов кьижунккун ватана дун. Радал вахъингун бищун цеве векерана унтарав вац вегун вукӏараб бусада аскӏове. Гьеб гьанжеги бакӏарун батана. Азбаралъуй ятарай цо дир гӏелалъул гӏадай ясалъ абуна дида:\n— Нужер Эльдар хун вуго… гьев хабалъ вуго, доле дова… Долъ килищ битӏун букӏана росдал хабзал ругеб бакӏалде…\nСардилъ бахъараб кьвагьи\nва Чӏурмутӏалда сухӏмат-кечӏ\nГьадингоги батӏи-батӏиял цере тӏамулел жалазул бицун хӏинкъарав дун, дагьавги хӏинкъизавун вукӏана вацас, кавтараз гӏадамал чӏвалеб куцалъулги бицун…\n1977 соналъул хасел букӏана. Гьеб соналъ кинабго Чӏурмутӏ мухъ букӏана, щайтӏабигун жундузул гуреб, цойги ахӏичӏеб гьоболалъул кверщаликь. Цо къоялъ радал вац вачӏана жаниве кӏанцӏун, нилъер бокьобеги лъугьун циялъ цо чахъу лъукъун бугила, цо цадахъ бачунги ун бугилан. Гьеб букӏана, хаселалъ кьижизеги инчӏого, сардилъ росабалъе бачӏун, чахъабазда лал тӏамулеб ци. Гьелъул сихӏирлъиялъеги вахӏшилъиялъеги гӏорхъи-рахъ букӏинчӏо. Чанцӏул чанахъабаз ярагъгун гьеб бачӏунеб гӏадаб бакӏалда цидуе къор гъуниги, гьелда тӏаде ккезе кӏвечӏо. Къор гъурабго, гӏадамаз жиндие рекӏкӏ гьабулеб букӏин лъараб гӏадин, тӏагӏунаан гьеб ва гьеб сордоялъ хъаравуллъи кквечӏого хутӏараб росулъа чахъаби хъамун ун ратулаан.\nУргъичӏеб жо течӏо гӏадамаз гьеб чӏвазейилан. Цояс хвараб гӏакдал бохги бихьулеб гӏадаб бакӏалда бан, гьелъул ччобориялъулъ кьураби рихъ-рихъизарулеб капсулацин лъун букӏана. Гьесул пикруялда, гьеб капсула долъул гӏосокьеги ккун кьвагьизе кколаан. Цицайин абуни гьанги капсулаги берцинго цадахъ квана, щибго кьвагьиларедухъ ва гьаб нухалъги чанахъан хутӏана чӏового. Цо къалъараб моцӏрол канлъи бугеб сордоялъ росдал гӏолохъаби рачӏана дир инсухъе, доб цийила росда цебе бугеб лъарги бахун, цо кибеялиго унеб бугилан. Инсуца, гьеб параялъ къватӏивеги вахъун, битӏун жиндирго азбаралъусанго кьвагьана, амма щванищ-щвечӏищали лъидаго бичӏчӏичӏо. Ци лъарал рагӏалда рижарал хъархъазулъе тӏерхьун ана.\nХадусеб къоялъ тӏубараб росуго бакӏарана чӏвараб цида сверун. Я чӏахӏиязул, я гӏисиназул гьенив камурав чи вукӏинчӏо. Жидеего гьелъ зарал гьабурал, аскӏор ругел росабазул гӏадамалги рукӏана, гьеб ци унго-унгоги чӏван букӏиналда божизе кӏоларого, бихьизе рачӏун. Битӏун ботӏролъ щун бугоан гулла. Цо кесек хутӏичӏого гьеб цидул гьанги ана гӏадамаз квине босун. Цо махсарачияс гьадинцин абуна: «Рес гьечӏила Исмагӏилица жиндирго азбаралъуса речӏчӏун гьеб ци чӏвазе, ци жибго гьеб гуллида данде бортун батилила»…\nЦо речӏчӏаралъ ци чӏварав дирго инсудаса чӏухӏиялъ, гьеб къоялдаса нахъе дир рагъа-рачариги рилълъинги лъалаго хисана. Дир вугев хӏинкъи-къай лъаларев ва гӏужилав эменилан лъималазе веццардун, дун свакалев вукӏинчӏо. Хасалил халатал сардаз ракӏ гъоларого ругел чагӏазе гьеб букӏана кӏудияб лъугьа-бахъин, сухӏмат-кеп. Чӏурмутӏалъул гӏадатазда рекъон, цӏоко щола ци чӏварасе, гьан бикьула квербакъанщиназе ва хутӏани – бокьанщиназе. Хадуб гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏурматалда букӏуна «Си бугьи» — йилан рохалилаб рилълъада росу свери ва гьеб давлаялъул цебелъей. Щулияб гӏералда чӏван цидул бетӏергун, бищун къуватав ва рухӏ бугев гӏадав гӏолохъанчи вачӏунев вукӏана бищун цеве жиндирго чукъа-рахангун, ахӏулаго кечӏгун, гьабулаго гӏадатлъун бугеб кьурдигун. Гьесул квегӏаб рахъалдасан вачӏунев вукӏана гьединавго гӏолохъанчи, цидул цӏокогун квачӏалги гьединабго гӏералда бан, босун гьебгун. Кваранаб рахъалда — ци чӏварав чанахъан ва гьесул сверухълъи. Бихьиназ щибаб рукъалда цебе цадахъ ахӏулаан кечӏ:\nМожер гӏака чӏвараб гьаб,\nМожер хӏама чӏвараб гьаб,\nМожер чахъу чӏвараб гьаб,\nМожер цӏини чӏвараб гьаб,\nЖекъа гьаб жибгу чӏвайла,\nМуж чӏвази щолу боъли,\nАб чӏварав бахӏарчиги,\nНежеа кьоров вугу…\nЦо-цо мухъал такрар гьарулеб бакӏалда кӏудиял гьаркьалги гьиштӏи-хъатги бахъунеб букӏана. Аб тӏомуразул мацӏ цодагьаб хисараб бугелъул, бичӏчӏичӏезе болмацӏалдаги хъвалин:\nНужер гӏака чӏваб гьалъ,\nНужер хӏама чӏвараб гьалъ,\nНужер чахъу чӏвараб гьалъ,\nНужер цӏцӏеги чӏвараб гьалъ,\nГьанже гьаб жибго чӏвана,\nНуж чӏвачӏого рукӏине.\nГьаб чӏварав бахӏарчиги\nНилъеда гьоркьов вуго.\nРокъоса къватӏивеги вачӏун, хважаинас ци чӏварасе баркала кьола ва сайгъатал ракӏарулеб таргьа баччарасухъе сайгъат кьола. Бищунго гӏемер кьолеб жо букӏана гуржиязул чӏачӏа, бакъвараб гьан яги бакь. Цо-цояз гӏарацги кьолеб букӏана. Гьев рукъалъул хважаинги цадахъ вилълъине кколаан. Гьедин кинабго росу сверун бахъингун, ци чӏварав чанахъанасул рокъореги рилълъун, гьениб гьабулаан халат бахъараб рохалилаб сухӏмат. Гьеб буго дир лъимерлъиялъул бищунго ракӏалда чӏаразул цо ракӏалдещвей. Гьанжего гьанже дунял лъазе байбихьарав васасе гьеб букӏана кӏудияб балъголъи, сихӏру, бичӏчӏизе кӏолареб жоялъукьа хӏинкъи – росулъеги бачӏун циялъ чахъаби-куйдул рачун ин… хадуб гьеб чӏвай… чияр чияс гуреб… дирго инсуца. Гӏорхъи гьечӏеб рохелги инсудаса чӏухӏиги… Росдал лъималазда гьоркьов дирго тӏадегӏанлъи бичӏчӏи. Дирго инсуца ци чӏваялдаса чӏухӏи… Батӏияв чияс чӏван букӏарабани, гьеб тохлъукьего ккараб жо букӏин ва дир инсуца дагьабги лъикӏ гьеб чӏвазе букӏараблъи чӏезабизеги кӏолаан дида. Гьединал рукӏуна дора магӏарухъ лъимал.\nГьаниб шагьаралда кинал гьал лъимал рукӏунелали, жеги кӏвечӏо бичӏчӏизе, дунго лъабго лъимадул эмен вукӏаниги. Гьеб лъималазе бадибчӏвай гуро, букӏаниги, гьаниб щибги гьабун лъимал инсудаса чӏухӏилелалицин лъаларо дида. Къо бахъанагӏан лъицаниги цӏалуларел газет-журналал рахъулев вугин эмениланищ дидаса лъимал чӏухӏилел? Гьечӏо гьезул инсул юргъачу, дир инсул гӏадаб, ингилис туманкӏги гьечӏо, цо речӏчӏаралъ чӏвараб циги гьечӏо. Дун дирго вас вукӏаравани, дунги чӏухӏилароан инсудаса, цо дагьав нечезецин нечелаан…\nДун школалде вачин\n1979 соналъул хаслихълъи букӏана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдалкьераб гордеги, тӏасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранчвантида бараб, тӏеренаб пиджакги ретӏун, тетрадьгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегӏана.\nГвангъун щвараб бакъул къо букӏана. Данде кканщинав росуцояс махсара-хочӏалда тӏовитӏун, отличниклъун вукӏине щулияб ниятгун, тӏоцебесеб партаялда нахъа гӏодов чӏана дун, амма дида ракӏалде ккараб гӏадаб бигьаяб масъала батичӏо гьеб отличниклъи. Дун квегӏаб квералъ хӏалтӏулев вукӏана, мугӏалимас гьеб кинабго гьабун ругьунаб дир квегӏаб квералъухъаги бахъун, ручка кваранаб квералъуб къазабуна: «Квараналъ хъван ругьунлъе!» — ян лъазабуна. Гьеб букӏана захӏматаб масъала, суратал рахъизе махщел букӏинчӏо, хатӏ букӏана квешаб, жубай-бахъиги бокьулароан. Щибха нахъе хутӏараб гьениб? Ай цӏалул байбихьи лъикӏаб букӏинчӏо.\nНижер классалда рукӏана анлъго васги ункъо ясги. Подклассалда нижее дарсал кьезе вачӏана гьоркьохъел соназул, дида росдал бертабалъ зурма пулев вихьун вукӏарав чи. Дица цӏакъ гӏажаиблъи гьабуна гьев вихьарабго. Цо моцӏалъги цебе гьединаб хиса-баси цебе чӏезабизецин кӏвелароан дида. Учительзабиги гӏоларого, гьарун букӏун буго гьесда, нижер классалъе дарсал кьезе вачӏайилан.\nУчителас цӏакъ нижер тӏалаб гьабулаан, партаялда нахъа битӏун гӏодор чӏезе малъулаан, кверал берцинго лъезе малъулаан, тенкезеги гаргадизеги бегьуларила, кӏвар кьун жиндихъ гӏенеккизе кколила, гӏемераб жо бицана гьев чияс. Лъикӏав чи вукӏана, мугӏалим хӏисабалдаги квешав вукӏинчӏо, махсара-хочӏ гьабун, лъималазе живго вокьизавизеги лъалаан, амма гьес бицунеб жо дида захӏматго гурони бичӏчӏулеб букӏинчӏо. Гьес бицунеб букӏана магӏарул болмацӏ. Ниж ругьунаб росдал тӏомуразул лугъат гуреб, тӏахьазда букӏунеб литературияб магӏарул мацӏ букӏана гьес бицунеб.\nГьеб мацӏ дида цо нухалда рагӏун букӏана, росулъе ретӏел-кун бичизе рачӏарал хьиндалазул руччабаз бицунеб. Цойги, пластинкаялдасан гьеб мацӏалда ахӏулел кучӏдулги рагӏун рукӏана. Гьезда цадахъ ахӏизецин ахӏулаан, амма бащдабги магӏна бичӏчӏулароан.\nНижер мугӏрузда гӏурус мацӏ рагӏизего рагӏулароан, радиоялдасан рагӏани гурони. Цойги, дида Гуржиялде унел цо туристаздаги геологаздаги дир эмен гӏурус мацӏалда гаргадулев рагӏун вукӏана. Телевизоралги доб заманаялъ нижер дора рукӏинчӏо. Лъималазул ясли-ахалги рукӏинчӏо. Гьеле гьеб лъаялъул нахърателгун байбихьана дица: мама, хлеб, Родина, река, медведь ва цойгидалги рагӏабигун «великий и могучий» гӏурус мацӏ лъазабизе.\nШколалде ун чанго моцӏ аралдаса, цӏализе ругьунлъигун, кьуна нижее мугӏалимас рокъоб рекӏехъе лъазабизе гӏурус мацӏалда кӏиго куплет бугеб кечӏ. Хӏалицаго гӏадин лъазабуна цо мухъ, гьебсагӏатго кӏочонги тана… Гьеб нагӏана батаяб кечӏ сабаблъун гӏемер гӏакъуба бихьана. Чӏвараб магӏ гӏадин — «Мун киналго щуйил къиматазда цӏализе ккола», — ян абурал инсул рагӏабиги рукӏана гӏаданир рагъилел. Бищунго ургъел чӏвараб жо гьеб букӏана, инсул берзукь вортизеги бокьун гьечӏелъул. Гьаб бакъул дунялалда дие, дол соназда, инсудаса кутакав чиги вукӏинчӏо.\nЗаман унеб букӏана, цо мухъги ракӏалда чӏезабизе кӏолеб букӏинчӏо кечӏалъул. Цо нухалъ, микьабилеб классалда цӏалулев кӏудияв вацас, цӏалун рекӏехъе кечӏги бицун, жинда хадуб такрар гьабейилан тӏамулев вукӏана дун. Дихъа къосарун, бажарулеб букӏинчӏо. Гьев дида тӏад велъанхъулев вукӏана. Дун довгун къацандилев, гӏодилев, вагъулев вукӏана. Гӏодиялъ багӏарлъун бералгун, кодоб ккун букӏкӏ-букӏкӏараб тӏехьгун, печалъул хьибилалда гӏодов чӏун дун вукӏаго, тӏаде вачӏана эмен. Гьесда бихьана вачӏинахъего дир пашманлъи ва ахӏана аскӏове. Кроваталдаги вегун, къандалъоги битӏа-бишизабун, дун жиндаго аскӏов вегизавуна. «Гьа, щибха ккараб жо?» Инсудаса нечеялъ, довехунги вуссун, тӏехьги къан, дица лъидаго рагӏиларедухъ гӏод-гӏодун биччан тана. Аскӏове вачӏун вацас бицана, гьесда кечӏ рекӏехъе лъазабун бажарулеб гьечӏилан. Инсуца тӏехьги рагьун балагьана дир кечӏ ва цо-цоккун гьел рагӏабазул магӏна гьикъизе жувана. Бичӏчӏана дида цониги рагӏул магӏна бичӏчӏулеб гьечӏолъи. Инсуца щибаб рагӏи дида бичӏчӏулеб мацӏалде сверизабуна, гьений яхъарай яс йихьизаюна ва кочӏол магӏна бицана. Бащдаб сагӏаталда жаниб дида ракӏалда чӏана кечӏ ва гьале кӏикъогоялдасаги соналъ унаро ракӏалдаса, гьеб дир тӏоцебесеб кечӏ:\n«…Я спрятала куклу,\nИграть не хочу.\nНе буду играть –\nЯ буквы учу!\nИз буквы я сама\nСоставляю слова.\nСама прочитала:\n«Трава и дрова.\nДрова на дворе\nТрава на лугу».\nТеперь, как большая,\nЧитать я могу…»\nГьечӏищха кутакаб кечӏ? Дарсида учителас гьикъана, лъица кечӏ рекӏехъе лъазабурабилан. Киналго руцӏцӏун чӏана, дица хӏинкъадго квер борхана. Ахӏана доскаялде, вахъун цевегун бицана. Зурмихъан гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана, лъималаз гӏажаиблъи гьабуна. Дир лъабго куплет кочӏол, гьоркьоб къотӏичӏого чваххун бачӏунеб гӏурус мацӏ рагӏун, хӏайранлъун букӏана классги, мугӏалимги. Тӏоцебесеб щуйилги босун, чӏухӏадго партаялда нахъа гӏодов чӏана дун.\nАна цӏалул соналъул тӏоцебесеб четверть. Эбел ун йикӏана райцентралде отчетал кьезе — гьей йикӏана росдал фельдшеразул пункталъул заведующая. Эменги эхеве ун вукӏана. Учителас кьуна къиматал лъураб табель, эбел-инсуца гъулбас гьабизе. Добайин абуни берцинхъваялъе лъабилаб къимат букӏана. «Чистописание» абураб предметги букӏана нижер. Дица кӏудияй яцалъухъе кьуна гъулбас гьабеян. Гьей ялагьана къиматазухъ, «дица лъабилазе гъулбасал гьаруларо», — йилан гьурмалъ речӏчӏун бачӏана дир табель. Гьейгун вагъана, хьандана, гӏодана, ахирги, барщун, щиб гьабилебалиги лъаларого вукӏаго, ракӏалде ккана яцалъул гъулбас дицаго гьабизе. Доб дирго лъабилаб щвараб, гьетӏ-гьетӏараб, цоцалъчӏвараб хатӏалъ «Зугьра» абун хъвана табелалда ва вилълъана школалде. Дир табелалъухъги валагьун зурмихъанасул хӏал хисана, гьесда бихьарабго лъана жинца лъабил лъураб хатӏалъ гьабураб гъулбас, ццин бахъун багӏарлъана ва босун кьабун бачӏана указка бетӏералда, бекулеб хӏалалъ. «Гьаб жо буго государственный документ!!! Гьаб гъоба районалда лъани мун туснахъалде витӏула!» — ян вагъана гьев диде. Классцоялги цоял рохун, цогиял гурхӏун рукӏана дида — гьитӏинав такъсирчиясда. Зурмихъанас инсуда бицинилан хӏинкъун вукӏана бищунго. Бицинчӏо. Лъикӏав чи ватана дир тӏоцевесев мугӏалим. Битӏараб бицани, гьесухъ байбихьул классазул мугӏалимлъи цӏикӏкӏун букӏана зурмихъанлъиялдаса.\nДуа маарухъ гимищ бехьри?\nДир эбелалъул рахъалъан кӏудияв эмен, Чӏородаса Гӏабдурахӏимил Мухӏама хвараб мехалъ, дун жеги гьитӏинав чи вукӏана. Анцӏго сон бан букӏана гӏумруялъул. Дида дов батӏибатӏияв чӏола цеве. Ракӏалда вуго, хаслихъе гӏиял рехъенги цебе къотӏун, магӏардаса гӏурухъе рещтӏунев… Ракӏалда буго гьесул чу, гьесул гьой, гьесул гъалараб вехьасул тӏагъур, гучаб, борхатаб лага-черх, гьесул свери-россен, гьесул калам, гьесул гъасда, цӏадухъ, жинцаго жиндиего ахӏулеб букӏараб кечӏги, кидагосел, лъугӏуларел какалги. Амма, бищунго ракӏалда чӏана гьесул рокъоре ракӏарулел рукӏарал гӏадамал, гъасда накъит, къисаби, маргьаби, махсараби. Кутакаб махщел букӏана кӏудадал гӏадамал хӏайранлъиледухъ хабар бицине. Гӏадамазеги цӏакъ бокьулаан гьесухъ гӏенеккизе. Бицунаан гьес бихьаралъул, рагӏаралъул, мугӏрузда бараб гӏазул, Цӏоралде рукӏарал сапаразул, гӏадамазул, лъугьа-бахъиназул, хӏикмалъабазул… Гӏадамаз бицуна, гьесухъ гӏенеккараб мехалъ, гьабсагӏат жидеда цебе гьеб лъугьа-бахъин лъугьунеб бугеб гӏадаб асар лъугьунаанилан.\nКӏудадал харбазул, хӏалицаго дида ракӏалда чӏана кӏиго хабар. Гьебги дида дос бицунаго бичӏчӏун гуро (гьеб бичӏчӏизе гӏураб бетӏер букӏинчӏо дир доб мехалъ), кӏудада хун хадуб чӏахӏияз бицун. Гьаниб дица бицине буго кӏиябго лъугьабахъиналъул. Цояб — гьитӏинав гӏолохъанчи дир кӏудада гьоболлъухъ санагӏалъи гьечӏеб бакӏалде ккеялъул ва цо кӏудияв чияс хвасар гьавиялъул. Кӏиабилеб – дир кӏудадаца, гӏемерал сонал ун хадуб, кӏудияб ригьалъул чияс, гьединабго бакӏалде ккарав жиндирго гӏолохъанав гьудул хвасар гьавиялъул. Гьеб бицуна гьале гьадин:\nБитӏун завалалде вахарав гӏолохъанчи дир кӏудада вугеб мехалъ, цо кьерхараб роол къоялъ, нуцӏидаги кӏутӏун, жаниве вачӏуна цо чи ва Цӏоралъул лугъаталда кӏалъала:\n— Гьаб щиб росу, дун ккараб бакӏ щиб? – илан.\n— Гьабали Чӏорода бугин… Мун жаниве вачӏа, гьаниб ургъилин киве мун ккун вугевали, — йилан кӏудадаца гьобол тӏаде къабул гьавула. Гьев вукӏуна гьоркьохъеб гӏелалъул чи, магӏарул гьава-бакъалде данде кколареб тӏеренаб ратӏлилъ. Гьесул ретӏелги букӏуна биччун, живгоги вукӏуна квачан соролев. Кӏудадаца печьги бакун рукъги хинлъизабула, бакъвараб, хинаб ретӏелги кьола, кваназеги гьавула, вегизе бакӏги бихьизабула. Радал гьоболас абула, гьадинго тира-сверизе ва мугӏрул гьава цӏазе къватӏиве вахъарав чи вукӏанилан.\n— Валлагь цӏайха, гьудул, гьале дуе мугӏрулги, гьале дуе гьаваги. Я кванил, я регизе бакӏалъул гьаниб щибго ургъел гьабизе кколеб жоги гьечӏо, — ян абула кӏудадаца. Анкьица гьоболлъиги бан вукӏуна гьобол. Цо пуланаб къоялъ сапаралъ вахъуна, хъун бурутӏгун, гьанги белъун, гӏиял хӏанги цадахъ лъун, нуха регӏула кӏудадаца Цӏоралде гьев. Чанго соналдасан кӏудадаги щола гьениве, хасалоялде рукъалъе, квание къваригӏарабтараб босизейилан. Рещтӏуна Белоканалда гӏумру гьабун вугев жиндирго цевегосев гьобол Гъара Халилихъ. Гьал кӏиялго гьалбал гурелги, кӏудиял гьудулзабиги рукӏуна. Кӏудада вачӏиналдаса вохарав Халилица тепси тӏибитӏула ва кинавниги, кӏудада лъалевщинав чи вакӏарула гьелда сверун. Байбихьула магӏарухъ гӏумруялъул цӏех-рех гьабизе. Битӏун киналго данделъун, лъикӏ рукӏаго, тӏаде вачӏуна дов, магӏарухъе вачӏун вукӏарав гьобол. Цӏарги гьесда Ширин букӏуна. Киназего саламги кьун, гьев столалда нахъа гӏодов чӏола. Кӏудада лъугьуна гьасда гьикъа-бакъаризе, рокъове лъикӏ щваравищ, иш кин бугеб рокъосан-къватӏисанилан. Ширин лъугьуна веццаризе гьасие жиндир бугеб берцинаб рукъила, кӏудияб ахила ва бугеб эркенаб гӏумруйила Цӏоралда абун ва цинги, гьаракь борхун тӏаде жубала:\n— Нуж щибизегӏаги гьадал мугӏрузда гӏумру гьабун ругел? Бетӏер бугел чагӏаз гӏумру гьабулеб бакӏ гуро доб! Квешал нухалги, квачараб гьава-бакъги, гӏисинал, санагӏалъи гьечӏел рукъзалги, кин гьададинаб бакӏалда гӏумру гьабулеб? Я инжир бижулареб, я пихъ-мичӏ букӏунареб, гӏантал чагӏи гурони чӏоларо дора, — ян абула. Бащдаб къоялъ чода рекӏунилан, лъабго къоялъ вилълъун бажаруларев кинавалиго къажарас жиндир ватӏаналде ва магӏарулазде гьединал жал аби кутакалда квеш букӏуна кӏудадада, гьоболлъухъги вукӏун, кин гьесда «щвезабилебилан» ццидахун вукӏуна. Гьеб бихьарав ва бичӏчӏарав рукъалъул хважаин Халилица гьикъула Ширинида:\n— Ле, Ширин, дуа маарухъ гимищ бехьри? (Дуда магӏарухъ гамущ бихьарабищ?) — Бихьичӏо, — йилан абула Шириница.\n— Хъазал рихьарали?\n— Рукӏунаро дора ганщалги хъазалги.\n— Битӏараб буго, сухъмахъалда тарани, кьурулъа гъоркье гирун уна доб гамущ. Хъазазухъаги бажаруларо дора рилълъун, хӏухьел гӏечӏого гӏодорги речӏчӏун хола. Гьел рукӏуна гьанир гӏодор, хӏарщулъги герегахъдун, щвара-щвараб чороклъиги кванан. Дора рукӏуна рорхатал кьурабалъан рекерун, кӏанцӏун бажарулел мугӏрул бисал, берциберцинал тӏугьдулги кванан, гӏазул мугӏрузул тӏогьисан дунялалъухъги ралагьун. Дора зодор роржанхъула эркенал, къадруял, чӏухӏарал цӏумал. Гӏадада ун вукӏун вуго мун магӏарухъе. Дур бакӏ гуро доб. Дур бакӏ буго гьаниб — ганщаздаги хъазаздаги аскӏоб. Гьединлъидал, мун мугӏрузда гӏумру тӏамулел бисазеги, цӏумазеги, гӏадамазеги къимат кьезе лъугьунге, — йилан абула гьесда Халилица.\nШирин, битӏахъе, цо данде жаваб гьабизе рес гьечӏеб къуваталъ кӏаркьен чӏварав гӏадин тӏуркӏунги вачӏун, чара хун, вуцӏцӏун чӏола. Кӏудада цӏакъ разилъула магӏарулал гӏодорегӏан гьаризе лъугьарасе гьудулас кьураб гӏакъилаб жавабалдаса. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, нижер тӏомураз, шагьаралдаса яги Цӏоралдаса рачӏун магӏарулазул гӏумру-яшав какизе лъугьарал чагӏазда абула: «Дуа маарухъ гимищ бехьри?» (Дуда магӏарухъ гамущ бихьанищ?), — илан. Киназдаго бичӏчӏула гьеб суалалъул магӏна. Гьеб буго нуж гӏадал чагӏаз гӏумру гьабулеб бакӏ гурин магӏаруллъийилан абулеб жо.\nБелоканалдаса Ширинин абуни, гьелдаса хадувги чанги щвана магӏарухъе: цин гьанилан, цинги гьоцӏойилан, хадувги хӏанилан, амма гьесул батана цойги цӏакъ рекъечӏеб гӏамал. Щибаб нухалъ вачӏингун, гьес балагьула батӏияб росуги, цӏияв гьоболги. Мугӏрузул законазда рекъон, гьобол хисулеб гӏадат гьечӏониги, Цӏоралъулазги гьеб лъикӏаблъун рикӏкӏинчӏониги, гьесул батана гьединаб хисардулеб гӏамал. Тӏаса лъугьун телин, гӏамал камурав чиги вукӏунарелъул, амма дир мунагьал чураяв кӏудадаца гӏемераб бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ, хасго магӏаруллъи какулев чи ккани. Гьесие цӏакъ бокьулаан магӏаруллъи, магӏарул тӏабигӏат, магӏарул гӏамал, жалго мугӏрул ва гьенир гӏумру гьабулел гӏадамал."}
{"slug": "19459-giagarabl-un-kkarab-rikikiadiseb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19459-giagarabl-un-kkarab-rikikiadiseb", "title": "Гӏагараблъун ккараб рикӏкӏадисеб", "date": "2022-08-12 07:05:12", "categories": ["obshestvo"], "text": "Мухӏамад Нурудинов ккола Шамил районалъул Цӏекӏоб росулъа. Цӏалана Махӏачхъалаялъул школа-интернаталда, Ростовалъул инженериябгун ралел бакӏазул институталда. Гьеб лъугӏидал (1982 сон) витӏана Краснодар краялъул Павловская станицалде, хӏалтӏана птицефабрикаялда, ралел бакӏазда, хадув вукӏана комсомолалъул ва партиялъул хӏалтӏабазда, тӏубана райисполкомалъул председателасул заместителасул хъулухъ. Советияб улка биххаралдаса нахъе 26 соналъ хӏалтӏана ралел бакӏазе хӏажалъулел материалал къватӏире риччалеб заводалъул директорлъун, гьелда цадахъго вукӏана районалъул собраниялъул депутатлъун, гьелъул председательлъун. Рамазан Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъуда вугеб заманалда тӏамуна краялда бугеб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун. Щуго соналдаса вакиллъи къана ва 5-6 моцӏ ана гьеб хӏалтӏуларого. Исана 29 апрелалда, ДРялъул премьер Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул тӏадкъаялдалъун, нахъеги байбихьана хӏалтӏи ва Мухӏамад тӏамуна ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъун. Гьал къоязда Краснодаралде щварал ниж дандчӏвана гьевгун ва ккана гьадинаб гара-чӏвари.\n— Мухӏамад, 40-гӏанасеб соналъ мун вуго Дагъистан тун къватӏив, Краснодар краялда. Гьеб заманалда жаниб хисиго кканищ гӏамалхасияталъулъ?\n— Кигӏан яхӏ бахъаниги, щиб гьабуниги дуца гӏумру гьабулеб бакӏалъул «гьава-бакъ» дагьабниги хъинтӏичӏого хутӏуларо. Амма кив ва кигӏан заманалда мун вугониги, эбел-инсуца кьураб тарбия, нилъер рукӏа-рахъин, гӏадат-гӏамал, миллияб хаслъи кидаго букӏуна цадахъ. Кив ва щиб гьабулев вугониги дун гӏемер щола Дагъистаналде, гьоркьор къотӏичӏо бухьенал ва гьоркьорлъаби. Дагъистаналда гьечӏониги дун вухьун вукӏуна гӏагараб тӏалъигун, дида лъикӏ лъала росдал киналго масъалаби. Доба цо щибниги къварилъи ккани, дун ва гьанир ругел дагъистаниял кутакалда пашманлъула, цо кинаб бугониги лъикӏаб хабар рагӏани, роххула.\n— Жакъа чан дагъистанияв краялда вугев ва щиб магӏишаталъул, хӏалтӏи-ишалъул чагӏи гьел кколел?\n— Дун гьаб хӏалтӏуде ккараб заманалда, киналго шагьаразулгун районазул администрациязде дица ритӏана гьанир гӏумру гьабун ругел дагъистаниязул баянал кьеян гьарун официалиял кагътал. Цоцоязул жавабал рукӏана нилъ киналго ругин Россиялъул гражданал, щибаб миллаталъул гӏадамазул хасал хъвай-хъвагӏаял жидер гьечӏин абун. Гӏемерисез рачӏарал баянал данде росун загьирлъана гьадинаб сипат: гӏага-шагарго краялда вуго 80 азаргогӏанасев дагъистанияв, гьезде тӏаде — 10 азаргогӏанасев чи гьаниве вачӏуна сезоналъул заманалда хӏалтӏизеги. Аслияб куцалда нилъерал руго бизнесалда, руго тохтурзаби, фермерал, учительзаби, студентал. Гӏезегӏан гӏадамал руго росдал магӏишаталъул хӏалтӏуда, курорталгун санаториязул сфераялда.\n— Гӏаммаб куцалда босани, кинаб лъалкӏ дагъистанияз гьаниб толеб бугеб, гьезул рахъалъ кинаб пикру бакӏалъулал гӏадамазул бугеб?\n— Берцинаб хӏалалда хӏалтӏулев, цӏалулев, гӏадлу-низам цӏунулев, бакӏалъулаб гӏадат-гӏамал хвезабуларев чиясул, киса вачӏарав ва щиб миллаталъул гьев ватаниги, гьаниб гьабула къадру-къимат, гьев вукӏуна хӏурматалда. Бугеб хӏалалда абуни, аслияб куцалда гьединал руго нилъер гӏемерисел. Амма гьоркьо-гьоркьор, бокьараб бакӏалдаго гӏадин, гьанирги камуларо гӏадлу-низам хвезабулелги. Гьединаз хвезабула нижеца гьабулеб хӏалтӏул къадру, гьединал хӏужабазде кьола нижеца кӏварги, киданиги толаро бербалагьи гьечӏогоги.\n— Нилъер кӏиябго регионалда гьоркьор ругел экономикиял, социалиял ва цогидалги бухьенал кинаб даражаялда ругел?\n— Гьабсагӏаталдаги хӏалтӏулеб буго 90-абилеб соназдаго кӏиябго регионалда гьоркьоб хъван букӏараб «О дружбе и сотрудничестве между двумя регионами» абураб къотӏи. Экономикаялъул, даран-базаралъул бухьенал руго гӏезегӏан лъикӏал. Дагъистаналдаса гьанибе босула цӏер ва гьелъул продукция, гамачӏ, гьабги росдал магӏишаталъул рахъалъ цебетӏураб регион бугониги, нилъер ахбазан-куракалъул, помидор-охцералъул, хъапустӏаналъул буго цӏикӏкӏараб тӏалаб. Гьаниса добе уна ханжу, чакар, нах. Ругел баяназда рекъон, лъагӏалил даран-базаралъул багьа бащалъула 7-8 млрд гъурщида. Гьанир ругел гӏадамазда нилъер гӏадат-гӏамалги, тарихги, культураги лъалеб гьечӏони, бухьеназулъ гьуинлъи букӏунарелъул, гьеб рахъалъги нижеца гьабула гӏемераб хӏалтӏи. Мисалалъе, тӏоритӏула Р. Хӏамзатовасул, Ф. Гӏалиевалъул ва цогидалги машгьурал хъвадарухъабазул къоял, ахӏула «Лезгинка» ва «Дагъистаналъул гӏолохъанлъи» ансамблял. Гьаниб буго «Центр культуры народов Дагестана «Единство» абураб жамгӏияб гӏуцӏи, гьелъги гьабула гӏемераб хӏалтӏи. Гьедин, кӏиябго регионалда гьоркьор ругел экономикиял, социалиял ва культураялъул бухьенал жеги цӏикӏкӏиналъе гьабулеб хӏалтӏи чӏун гьечӏо.\n— Шагьаралъул ва краялъул нухмалъиялъулгун кинал бухьенал нужер ругел?\n— Губернаторасул гӏемераб хӏалтӏи букӏунелъул, гьесулгун кидагосел бухьенал гьарун бажаруларо. Амма дида мухӏканго лъала, дица борхараб кӏвар бугеб цо суал тӏадал идарабаз тӏубалеб гьечӏони, гьесухъе нух бахъизе кӏвезе букӏин ва гьес дун къабул гьавизе вукӏин. Гьаниб бугеб мажгиталда сверухъ букӏараб суалалъулги гьедин ккана. Администрациялъул гӏемерал идарабазулгун буго гӏезегӏан лъикӏаб гьоркьоблъи, бокьараб масъалагун ине бегьула аскӏоре, гьез кӏвараб кумек гьабула.\n— Украинаялда ккарал лъугьабахъиназ хисизабунищ нужер хӏалтӏул низам?\n— Хисичӏо. Амма руго асар гьабулел хӏужаби. Тӏоцебе Россиялъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏар щварав нилъер ракьцояв Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов ракӏалде щвеялъе нижеца гьаниб тӏобитӏана чанго тадбир. Шагьаралъул Думаялъул хӏукмуялдалъун, цо къватӏалъе кьуна гьесул цӏар. Гьелъухъ балагьунги бихьулеб буго Дагъистаналдехун ва дагъистанияздехун бугеб бербалагьи лъикӏаб рахъалде хисулеб букӏин.\n— 64 сонги бан бугелъул, Дагъистаналде вуссине хиялго бугищ?\n— Дир буго 2 лъимер: вас ва яс. Гьел руго жидерго хъизам-къайигун, жидецаго тӏаса бищараб хӏалтӏуда. Дунгун цадахъ ва жалго гьел гӏезегӏан щола гӏагараб росулъе, Дагъистаналде, гьезда лъала доба бугеб ахӏвал-хӏал. Амма дида ккола, ругьунаб бакӏги тун, лъимал Дагъистаналде инарин абун. Дирго рахъалъ абуни, тӏуванго херлъараб мехалъ букӏаниги, ракьулъе ине ватаниги дир ахир росулъ, Дагъистаналда букӏина, батӏайиса букӏине рес гьечӏо. Амма гьабсагӏаталда тӏад вуссине дидаги ракӏалда гьечӏо — гьаниб буго хъизам-рукъ ва гьанив вукӏаго дир рес буго Дагъистаналъе пайдаяб хӏалтӏи гьабизе.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "19583-kapitaliyab-remont-gabuleb-bugo-kiinuside-giagarun-shkolal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19583-kapitaliyab-remont-gabuleb-bugo-kiinuside-giagarun-shkolal-e", "title": "Капиталияб ремонт гьабулеб буго кӏинусиде гӏагарун школалъе", "date": "2022-08-19 10:02:49", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Республикаялъул пагьму-гьунар бугел лъималазул гӏемеррахъазулаб лицей-интернаталда тӏобитӏана ДРялъул лъайкьеялъул минстр Яхӏя Бучаевасул пресс-конференция.\nМинистрас хӏасилал гьаруна ГИА-2022-ялъулги риидалил сах гьариялъул кампаниялъулги. Гьединго баян гьаруна республикаялъул школазда капиталияб ремонтал рагӏалде рахъинариялда ва цӏалул соналде школазда унеб хӏадурлъиялда хурхун раккулел суалазе жавабалги.\nЯхӏя Бучаевасул рагӏабазда рекъон, лъабго сменаялъул лъайкьеялъул къагӏида лъугӏизабиялъул мурадалда республикаялда балеб буго 19 школа.\nКапиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гӏахьаллъана 192 школа (210 мина). Жакъа къоялдехун 70 бакӏалда цӏараб заманалдаса цереккун гьарулел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинарун руго, хутӏараб 110 мина гӏага-шагарго 20-25 августалдехун хӏадур букӏине буго.\nГИА-2022-ялъул хӏасилал гьарулаго, министрас абуна цересел соназде дандеккун исана ОГЭялда цӏикӏкӏун тӏатинарунин гӏадлу хвезабурал хӏужаби. Гьебги, министрасул рагӏабазда рекъон, исана гӏадлу-низамалъул иш кьваризабидал ккараб хӏасил буго. «Тӏадеялъул киса-кибго регионалияб даражаялда ОГЭялда видео-наблюдение гьабизеги ракӏалда буго»,- ян бицана Я. Бучаевас.\nИсана республикаялда ЕГЭ кьуразда гьоркьов 31 цӏалдохъанас батӏи-батӏиял предметазул экзаменазда босана 100 балл, гьединго, цебеялде дандеккун, профильнияб математикаялъул экзаменалъул гьоркьохъеб баллги цӏикӏкӏана исана.\nМ. Манапов"}
{"slug": "19587-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19587-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "title": "Метер магӏарул мацӏ хвезе батани…", "date": "2022-08-19 11:36:11", "categories": ["kultur"], "text": "Рикӏкӏадал сапаразда ракӏ гъолареб мехалда,\nМех-мехалъ дун дидаго кӏалъала магӏарулалъ\nРекӏел ургъел чучула, чияр бакӏ кӏочон тола,\nЧанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чӏола…\nМ. Хӏ.\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго магӏарул мацӏ цӏунизе хӏажат букӏиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гӏумру гьабулел магӏарулазда гъорлъ, къо бахъанагӏан дагьлъулел рукӏиналъул ва цо-цо школалъул нухмалъулел рахьдал мацӏалъе кьурал сагӏтал тӏаса къунцӏизе лъугьиналъул. Хӏакъикъаталдаги, пикру гьабураб мехалъ, аза-азар соназ нилъер миллат-халкъ цӏунараб нилъер хирияб болмацӏ жакъа нилъеца цӏуниялде ккун буго.\nНилъ гӏурус мацӏалда данде чӏарал чагӏи гуро. Гьеб буго нилъер пачалихъалъул мацӏ, гьеб лъачӏого нилъее чара гьечӏо. Цо миллаталъ гӏумру гьабулел цогидал республикабазда данде ккун, советияб заманалдаго Дагъистаналда гӏурус мацӏ лъаялъул иш кидаго борхатаб даражаялда букӏана. Щайгурелъул гӏемер миллатал ругеб республикаялда нилъ цоцазда гӏурус мацӏалда кӏалъала. Амма нилъерго рахьдал мацӏ кӏочон тезе бегьилищ?\nЦебе кидаго абулаан шагьаралда гӏурал магӏарул лъималазда рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏилан, гӏемерисел гӏадамаз лъимал ри-ридал росабалъе ритӏун рачӏунаан магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьанже абуни, магӏарухъ гьарурал, гьенир гӏурал лъимал школалде рачӏунел руго магӏарул мацӏалъул цо рагӏиги лъачӏого. Гьеб лъил гӏайибха кколеб, лъица гьел лъималазда рахьдал мацӏ малъизе кколеб? Эбел-инсуца гурищ? Лъицаха гьел эбел-инсуе рокъоб лъималазда рахьдал мацӏалъ кӏалъазе гьукъун бугеб? Гьеб буго нилъеца метерисеб къоялъул пикру гьабунгутӏи ва наслабазул букӏиниселъул нилъее ургъел гьечӏолъи. Ургъел гьечӏолъиялъ чӏвалел руго нилъ. Абулеб буго шагьаралдаса росабалъе риидал рахьдал мацӏ лъазабизе ритӏарал лъимал, кӏудабазда гӏурус мацӏги малъун, тӏадруссун рачӏунел ругилан. Киназго гӏайиб мультфильмазде рехула, гьездаса лъалеб бугин мацӏилан абула.\nРахьдал мацӏ буго ниж рижарав Аллагьас нилъее кьураб кӏудияб нигӏмат, умумуз нилъее тараб бечедаб хазина ва нилъер халкъалъул къин гьечӏеб ицц. Нилъер магӏарул халкъалъул тарих лъазе ва бичӏчӏизе рес гьечӏо нилъерго рахьдал мацӏ лъачӏого. Киргизазул машгьурав хъвадарухъан, дипломат Чингиз Айтматовас абун буго: «Щибаб халкъалъул хвелгьечӏолъи гьелъул мацӏалъулъ буго», — ян. Магӏарул мацӏ лъаларев чи киданиги унго-унгояв магӏарулавлъун вахъунаро. Щай абуни, магӏарул мацӏалъул рагӏабалъ бессун букӏуна магӏарул чиясул чорхол гӏамал, рахьдал мацӏалъул рагьукъал гьаркьаз гурони рагьулареб хасаб дунял букӏуна магӏарул чиясул. Нилъер щивав чи жиндирго гъасда лъималаздаги гьезул лъималаздаги магӏарул мацӏалда кӏалъалев гьечӏони, гьезда киданиги магӏарул мацӏ лъазе гьечӏо. Дида кинго бичӏчӏуларо цониги батӏияб миллаталъул чи гьоркьов гьечӏеб магӏарулазул жамагӏат магӏарул мацӏги тун батӏияб мацӏалда кӏалъаялъул магӏна щибали. Гӏалимзабаз чӏезабун буго анкьго сон базегӏан рахъизе лъачӏел хӏарпал букӏине кколеб куцалъ рахъизе чиясда киданиги лъазе рес гьечӏилан. Гӏемер мацӏал лъанагӏан лъимал пикру цебе тӏурал, сундаго хадур гъурал ва бетӏер хӏалтӏулел лъугьунилан хъвалеб буго мацӏалъул гӏалимзабаз.\nШколазда рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ абуни, гӏемераб жо бараб буго школалъул директорасда. Анкьида жаниб цо кӏиго сагӏаталде рачине бегьилищ рахьдал мацӏгин адабияталъул дарсал? Магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз ва гьезул цолъиялъ жакъасеб къоялъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго школазда магӏарул мацӏалъул ва нилъер адабияталъул дарсал цӏуниялъе. Гьез санайил батӏи-батӏияб магӏарул районазда тӏоритӏула магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазул ва нилъерго мацӏги цӏарги хириял магӏарулазул байрамал. Дагьаб цебегӏан азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏахьаллъи гьабураб гьединаб данделъи гьабун букӏана Гӏешдерил рохьоб. Россиялда ругел халкъазул рахьдал мацӏ малъиялъул рахъалъ тӏоритӏарал конкурсазда анлъго нухалъ тӏоцебесеб бакӏ ккуна нилъер магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз. Цохӏо магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазде рехун рахьдал мацӏ цӏуниялъул ишги тун, хутӏарал киналго нахъегӏан къан чӏезе бегьилищ? Гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан К. Паустовскияс абуна буго: «Жиндирго рахьдал мацӏалде рокьи гьечӏев чиясе унго-унгояб куцалъ гӏураб ракь бокьизе рес гьечӏо», — ян.\nЖакъасеб къоялъ нилъер гӏемераб жо бараб буго районалъул бутӏрузда. Мисалалъе босани, Сулейман Стальскиясул цӏаралда бугеб районалъул бетӏерлъун вукӏаго Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ахираб щуго соналда жаниб хасаб стипендия чӏезабун букӏана университеталда лезги мацӏалъул мугӏалимзаби рахъине цӏалулел студентазе. Районалъул бюджеталдаса гьел студентазе стипендия кьезе Нариманида батулеб рес, цониги магӏарул районалъул бетӏерасда щай батулареб? Гьале жакъа вице-премьерлъун вуго Нариман. Законалда данде кколареб жо гьес гьабун букӏарабани, гьев хӏукуматалъул кӏудияб хӏалтӏуде тӏамилароан. Жакъа магӏарул районазда ва росабалъ гьарулел данделъаби щай гьаризе бегьуларел нилъерго рахьдал мацӏалда?\nНилъее заман щун буго Дагъистаналъул цогидал миллатаздаса мисал босизе. Мисалалъе, Махӏачхъалаялда тумазул буго лъабго-ункъгониги, жаниб жидерго ретӏел-тӏехги бараб, жидерго кванил богалги гьарулеб, жидерго мацӏалда кечӏ-бакъанги биччалеб этнокафе, магӏарулазул цониги гьечӏо. Гьединго тумазул рес бугел чагӏаз щибаб риидал гӏуцӏула жидерго районазда этнолагерал. Гьезги мадар гьабулеб буго жидерго мацӏги цӏарги лъазабизе.\nНилъее чара гьечӏого хӏажат руго магӏарул мацӏалда кӏалъалел этносадикал, этнолагерал гӏуцӏизе ва цӏалдохъабазе магӏарул мацӏ лъазабулел тӏахьал рахъизе. Щивав ресалда вугев магӏарул чияс цо-цо мультфильм магӏарул мацӏалда гьабизе тӏаде босулебани, гьебги кӏудияб кумеклъун букӏинаан. Гьединго бегьилаан нилъеца магӏарул мацӏ цӏуниялъул хасаб фонд гӏуцӏизеги. Жакъа нилъеца нилъер магӏишат-яшавалдеги хъулухъ-ишалдеги кьолеб кӏваралъул анцӏго бутӏа гьабун цо бутӏагӏаги рахьдал мацӏ цӏуниялде кьолеб букӏарабани, нилъер иш гӏемерго лъикӏ букӏинаан. Гьадин рахьдал мацӏалъул кӏварги гьабичӏого нилъ чӏолел ругони, гӏага-шагарго 40-50 соналдаса нилъер халкъалъул бечедаб тарих, кӏалзул гьунаралъул фольклор, кицаби ва абиял ва гьединго Инхоса Гӏалихӏажиясул, Цӏадаса Хӏамзатил, Махӏмудил, Расул Хӏамзатовасул ва цогидалги кӏудиял шагӏирзабазул асарал цӏалулев, цӏалун бичӏчӏулев чи ракьалда хутӏиялда щаклъизе бачӏунеб буго.\nНилъер умумузул аби буго бекьараб гурони, лъилъуларилан. Жакъа рахьдал мацӏ цӏуниялъе жеги кина-кинал тадбирал гьарун лъикӏали нилъ ургъичӏони, метер кватӏун букӏине буго. Жакъасеб къоялъ гӏумру гьабулеб цӏикӏкӏараб гӏелалда бараб буго кинабго. Гьез тӏадчӏей гьабун лъималги лъималазул лъималги рахьдал мацӏ лъазабизеги, гьеб бицинеги тӏамулел ругони, нилъер мацӏ цӏунун хутӏизе буго. Гьабичӏони, нилъ рортизе рес бугеб кӏкӏал цӏакъго гъваридаб буго. Гӏадада гурелъул нилъер дунялалдаго машгьурав халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовас хъвараб:\nМетер магӏарул мацӏ хвезе батани,\nХваги дун жакъаго жаниб ракӏ кьвагьун», — абун.\nМагӏарул районазул казиятал малъичӏого, нилъер рахьдал мацӏалда рахъула «Хӏакъикъат» казият, «Гьудуллъи», «Лачен» ва «Магӏарулай» журналал. Нилъеда гьоркьов чан чиясха гьел хъван ругел? Нилъецаго цӏуничӏого щив вачӏине вугев нилъер рахьдал мацӏ цӏунизе? Бищунго ракӏ унтулеб жо буго магӏарул мацӏалда хъвадарулел, гьеб рахьдал мацӏалда тӏад хӏалтӏизе хӏукуматалъ гӏарацги кьун тарал чагӏицин жидерго лъималазда чияр мацӏалъ кӏалъалел рагӏидал.\nДагъистаналъул Миннацалъул малъиялда гъоркь Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда цебе гӏуцӏун буго Дагъистаналъул рахьдал мацӏал лъазариялъул центр. Гьез аслияб кӏвар кьолеб буго къадар дагьал миллатазул (малочисленный) ва хъвай-хъвагӏай гьечӏел (бесписьменный) мацӏазде. Дун гьел мацӏал кӏваричӏин абулев чи гуро, нилъее киналго мацӏал цӏунизе къваригӏун руго. Гьеб буго нилъер унго-унгояб бечелъи. Амма миллионалдаса цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарулазул мацӏ кӏолареб цӏунизе, 5-10 азарго чияс бицунеб мацӏ цӏунун бажариладай?\nЖакъа Башкортостаналъул халкъияб Курултаялъ ва ДУМАялъул депутат Эльмира Аиткуловалъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялде бачӏун буго Россиялъул школалъул цӏалдохъабазе рахьдал мацӏазда ГИА ва ЕГЭ кьезе изну кьолеб законалъул проект. Гьез хъвалеб буго цохӏо рахьдал мацӏги адабиятги гурони гьечӏин школалда малъулел предметазда гьоркьор ГИА ва ЕГЭ кьезе цӏалдохъабазе изну гьечӏел предметал. Коми Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъ ва Татарстаналъул нухмалъулез гьеб законалъул проекталъул рахъ кколеб буго. Хьул буго нилъер Дагъистаналдаса Пачалихъаялъул Думаялда ругел депутатазги гьеб законалъул проект къабул гьабиялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабилилан. Гьеб законалда рекъон миллиял республикабазе рес щвезе буго пачалихъалъулал этно-культураялъулал лъималазул ахал ва школал рагьизе.\nАллагьас щивав магӏаруласе тавпикъги гӏакълуги кьеги жиндирго гъастӏа умумуз аманатлъун тараб рахьдал мацӏ бицинеги ва лъималаздаги гьезул лъималаздаги гьеб малъизеги. Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго церегӏанго соназ хъвараб дирго кочӏол рагӏабаздалъун:\nЖакъа мацӏ кӏочон тани,\nМетер цӏар кӏочон толин,\nЦӏуне, цӏуне, наслаби,\nЦӏар рагӏараб авар мацӏ…..\nМухӏамад Хӏамзаев\nДагъистаналъул халкъияв шагӏир"}
{"slug": "19588-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19588-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "title": "Метер магӏарул мацӏ хвезе батани…", "date": "2022-08-19 11:36:11", "categories": ["kultur"], "text": "Рикӏкӏадал сапаразда ракӏ гъолареб мехалда,\nМех-мехалъ дун дидаго кӏалъала магӏарул\nРекӏел ургъел чучула, чияб бакӏ кӏочон тола,\nЧанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чӏола…\nМ. Хӏ.\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго магӏарул мацӏ цӏунизе хӏажат букӏиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гӏумру гьабулел магӏарулазда гъорлъ, къо бахъанагӏан дагьлъулел рукӏиналъул ва цо-цо школалъул нухмалъулел рахьдал мацӏалъе кьурал сагӏтал тӏаса къунцӏизе лъугьиналъул. Хӏакъикъаталдаги, пикру гьабураб мехалъ, аза-азар соназ нилъер миллат-халкъ цӏунараб нилъер хирияб болмацӏ жакъа нилъеца цӏуниялде ккун буго.\nНилъ гӏурус мацӏалда данде чӏарал чагӏи гуро. Гьеб буго нилъер пачалихъалъул мацӏ, гьеб лъачӏого нилъее чара гьечӏо. Цо миллаталъ гӏумру гьабулел цогидал республикабазда данде ккун, советияб заманалдаго Дагъистаналда гӏурус мацӏ лъаялъул иш кидаго борхатаб даражаялда букӏана. Щайгурелъул гӏемер миллатал ругеб республикаялда нилъ цоцазда гӏурус мацӏалда кӏалъала. Амма нилъерго рахьдал мацӏ кӏочон тезе бегьилищ?\nЦебе кидаго абулаан шагьаралда гӏурал магӏарул лъималазда рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏилан, гӏемерисел гӏадамаз лъимал ри-ридал росабалъе ритӏун рачӏунаан магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьанже абуни, магӏарухъ гьарурал, гьенир гӏурал лъимал школалде рачӏунел руго магӏарул мацӏалъул цо рагӏиги лъачӏого. Гьеб лъил гӏайибха кколеб, лъица гьел лъималазда рахьдал мацӏ малъизе кколеб? Эбел-инсуца гурищ? Лъицаха гьел эбел-инсуе рокъоб лъималазда рахьдал мацӏалъ кӏалъазе гьукъун бугеб? Гьеб буго нилъеца метерисеб къоялъул пикру гьабунгутӏи ва наслабазул букӏиниселъул нилъее ургъел гьечӏолъи. Ургъел гьечӏолъиялъ чӏвалел руго нилъ. Абулеб буго шагьаралдаса росабалъе риидал рахьдал мацӏ лъазабизе ритӏарал лъимал, кӏудабазда гӏурус мацӏги малъун, тӏадруссун рачӏунел ругилан. Киназго гӏайиб мультфильмазде рехула, гьездаса лъалеб бугин мацӏилан абула.\nРахьдал мацӏ буго ниж рижарав Аллагьас нилъее кьураб кӏудияб нигӏмат, умумуз нилъее тараб бечедаб хазина ва нилъер халкъалъул къин гьечӏеб ицц. Нилъер магӏарул халкъалъул тарих лъазе ва бичӏчӏизе рес гьечӏо нилъерго рахьдал мацӏ лъачӏого. Киргизазул машгьурав хъвадарухъан, дипломат Чингиз Айтматовас абун буго: «Щибаб халкъалъул хвелгьечӏолъи гьелъул мацӏалъулъ буго», — ян. Магӏарул мацӏ лъаларев чи киданиги унго-унгояв магӏарулавлъун вахъунаро. Щай абуни, магӏарул мацӏалъул рагӏабалъ бессун букӏуна магӏарул чиясул чорхол гӏамал, рахьдал мацӏалъул рагьукъал гьаркьаз гурони рагьулареб хасаб дунял букӏуна магӏарул чиясул. Нилъер щивав чи жиндирго гъасда лъималаздаги гьезул лъималаздаги магӏарул мацӏалда кӏалъалев гьечӏони, гьезда киданиги магӏарул мацӏ лъазе гьечӏо. Дида кинго бичӏчӏуларо цониги батӏияб миллаталъул чи гьоркьов гьечӏеб магӏарулазул жамагӏат магӏарул мацӏги тун батӏияб мацӏалда кӏалъаялъул магӏна щибали. Гӏалимзабаз чӏезабун буго анкьго сон базегӏан рахъизе лъачӏел хӏарпал букӏине кколеб куцалъ рахъизе чиясда киданиги лъазе рес гьечӏилан. Гӏемер мацӏал лъанагӏан лъимал пикру цебе тӏурал, сундаго хадур гъурал ва бетӏер хӏалтӏулел лъугьунилан хъвалеб буго мацӏалъул гӏалимзабаз.\nШколазда рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ абуни, гӏемераб жо бараб буго школалъул директорасда. Анкьида жаниб цо кӏиго сагӏаталде рачине бегьилищ рахьдал мацӏгин адабияталъул дарсал? Магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз ва гьезул цолъиялъ жакъасеб къоялъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго школазда магӏарул мацӏалъул ва нилъер адабияталъул дарсал цӏуниялъе. Гьез санайил батӏи-батӏияб магӏарул районазда тӏоритӏула магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазул ва нилъерго мацӏги цӏарги хириял магӏарулазул байрамал. Дагьаб цебегӏан азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏахьаллъи гьабураб гьединаб данделъи гьабун букӏана Гӏешдерил рохьоб. Россиялда ругел халкъазул рахьдал мацӏ малъиялъул рахъалъ тӏоритӏарал конкурсазда анлъго нухалъ тӏоцебесеб бакӏ ккуна нилъер магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз. Цохӏо магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазде рехун рахьдал мацӏ цӏуниялъул ишги тун, хутӏарал киналго нахъегӏан къан чӏезе бегьилищ? Гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан К. Паустовскияс абуна буго: «Жиндирго рахьдал мацӏалде рокьи гьечӏев чиясе унго-унгояб куцалъ гӏураб ракь бокьизе рес гьечӏо», — ян.\nЖакъасеб къоялъ нилъер гӏемераб жо бараб буго районалъул бутӏрузда. Мисалалъе босани, Сулейман Стальскиясул цӏаралда бугеб районалъул бетӏерлъун вукӏаго Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ахираб щуго соналда жаниб хасаб стипендия чӏезабун букӏана университеталда лезги мацӏалъул мугӏалимзаби рахъине цӏалулел студентазе. Районалъул бюджеталдаса гьел студентазе стипендия кьезе Нариманида батулеб рес, цониги магӏарул районалъул бетӏерасда щай батулареб? Гьале жакъа вице-премьерлъун вуго Нариман. Законалда данде кколареб жо гьес гьабун букӏарабани, гьев хӏукуматалъул кӏудияб хӏалтӏуде тӏамилароан. Жакъа магӏарул районазда ва росабалъ гьарулел данделъаби щай гьаризе бегьуларел нилъерго рахьдал мацӏалда?\nНилъее заман щун буго Дагъистаналъул цогидал миллатаздаса мисал босизе. Мисалалъе, Махӏачхъалаялда тумазул буго лъабго-ункъгониги, жаниб жидерго ретӏел-тӏехги бараб, жидерго кванил богалги гьарулеб, жидерго мацӏалда кечӏ-бакъанги биччалеб этнокафе, магӏарулазул цониги гьечӏо. Гьединго тумазул рес бугел чагӏаз щибаб риидал гӏуцӏула жидерго районазда этнолагерал. Гьезги мадар гьабулеб буго жидерго мацӏги цӏарги лъазабизе.\nНилъее чара гьечӏого хӏажат руго магӏарул мацӏалда кӏалъалел этносадикал, этнолагерал гӏуцӏизе ва цӏалдохъабазе магӏарул мацӏ лъазабулел тӏахьал рахъизе. Щивав ресалда вугев магӏарул чияс цо-цо мультфильм магӏарул мацӏалда гьабизе тӏаде босулебани, гьебги кӏудияб кумеклъун букӏинаан. Гьединго бегьилаан нилъеца магӏарул мацӏ цӏуниялъул хасаб фонд гӏуцӏизеги. Жакъа нилъеца нилъер магӏишат-яшавалдеги хъулухъ-ишалдеги кьолеб кӏваралъул анцӏго бутӏа гьабун цо бутӏагӏаги рахьдал мацӏ цӏуниялде кьолеб букӏарабани, нилъер иш гӏемерго лъикӏ букӏинаан. Гьадин рахьдал мацӏалъул кӏварги гьабичӏого нилъ чӏолел ругони, гӏага-шагарго 40-50 соналдаса нилъер халкъалъул бечедаб тарих, кӏалзул гьунаралъул фольклор, кицаби ва абиял ва гьединго Инхоса Гӏалихӏажиясул, Цӏадаса Хӏамзатил, Махӏмудил, Расул Хӏамзатовасул ва цогидалги кӏудиял шагӏирзабазул асарал цӏалулев, цӏалун бичӏчӏулев чи ракьалда хутӏиялда щаклъизе бачӏунеб буго.\nНилъер умумузул аби буго бекьараб гурони, лъилъуларилан. Жакъа рахьдал мацӏ цӏуниялъе жеги кина-кинал тадбирал гьарун лъикӏали нилъ ургъичӏони, метер кватӏун букӏине буго. Жакъасеб къоялъ гӏумру гьабулеб цӏикӏкӏараб гӏелалда бараб буго кинабго. Гьез тӏадчӏей гьабун лъималги лъималазул лъималги рахьдал мацӏ лъазабизеги, гьеб бицинеги тӏамулел ругони, нилъер мацӏ цӏунун хутӏизе буго. Гьабичӏони, нилъ рортизе рес бугеб кӏкӏал цӏакъго гъваридаб буго. Гӏадада гурелъул нилъер дунялалдаго машгьурав халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовас хъвараб:\nМетер магӏарул мацӏ хвезе батани,\nХваги дун жакъаго жаниб ракӏ кьвагьун», — абун.\nМагӏарул районазул казиятал малъичӏого, нилъер рахьдал мацӏалда рахъула «Хӏакъикъат» казият, «Гьудуллъи», «Лачен» ва «Магӏарулай» журналал. Нилъеда гьоркьов чан чиясха гьел хъван ругел? Нилъецаго цӏуничӏого щив вачӏине вугев нилъер рахьдал мацӏ цӏунизе? Бищунго ракӏ унтулеб жо буго магӏарул мацӏалда хъвадарулел, гьеб рахьдал мацӏалда тӏад хӏалтӏизе хӏукуматалъ гӏарацги кьун тарал чагӏицин жидерго лъималазда чияр мацӏалъ кӏалъалел рагӏидал.\nДагъистаналъул Миннацалъул малъиялда гъоркь Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда цебе гӏуцӏун буго Дагъистаналъул рахьдал мацӏал лъазариялъул центр. Гьез аслияб кӏвар кьолеб буго къадар дагьал миллатазул (малочисленный) ва хъвай-хъвагӏай гьечӏел (бесписьменный) мацӏазде. Дун гьел мацӏал кӏваричӏин абулев чи гуро, нилъее киналго мацӏал цӏунизе къваригӏун руго. Гьеб буго нилъер унго-унгояб бечелъи. Амма миллионалдаса цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарулазул мацӏ кӏолареб цӏунизе, 5-10 азарго чияс бицунеб мацӏ цӏунун бажариладай?\nЖакъа Башкортостаналъул халкъияб Курултаялъ ва ДУМАялъул депутат Эльмира Аиткуловалъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялде бачӏун буго Россиялъул школалъул цӏалдохъабазе рахьдал мацӏазда ГИА ва ЕГЭ кьезе изну кьолеб законалъул проект. Гьез хъвалеб буго цохӏо рахьдал мацӏги адабиятги гурони гьечӏин школалда малъулел предметазда гьоркьор ГИА ва ЕГЭ кьезе цӏалдохъабазе изну гьечӏел предметал. Коми Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъ ва Татарстаналъул нухмалъулез гьеб законалъул проекталъул рахъ кколеб буго. Хьул буго нилъер Дагъистаналдаса Пачалихъаялъул Думаялда ругел депутатазги гьеб законалъул проект къабул гьабиялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабилилан. Гьеб законалда рекъон миллиял республикабазе рес щвезе буго пачалихъалъулал этно-культураялъулал лъималазул ахал ва школал рагьизе.\nАллагьас щивав магӏаруласе тавпикъги гӏакълуги кьеги жиндирго гъастӏа умумуз аманатлъун тараб рахьдал мацӏ бицинеги ва лъималаздаги гьезул лъималаздаги гьеб малъизеги. Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго церегӏанго соназ хъвараб дирго кочӏол рагӏабаздалъун:\nЖакъа мацӏ кӏочон тани,\nМетер цӏар кӏочон толин,\nЦӏуне, цӏуне, наслаби,\nЦӏар рагӏараб авар мацӏ…..\nМухӏамад Хӏамзаев\nДагъистаналъул халкъияв шагӏир"}
{"slug": "19589-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19589-meter-magiarul-matsi-khveze-batani", "title": "Метер магӏарул мацӏ хвезе батани…", "date": "2022-08-19 11:43:11", "categories": ["kultur"], "text": "Рикӏкӏадал сапаразда ракӏ гъолареб мехалда,\nМех-мехалъ дун дидаго кӏалъала магӏарул\nРекӏел ургъел чучула, чияб бакӏ кӏочон тола,\nЧанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чӏола…\nМ. Хӏ.\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго магӏарул мацӏ цӏунизе хӏажат букӏиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гӏумру гьабулел магӏарулазда гъорлъ, къо бахъанагӏан дагьлъулел рукӏиналъул ва цо-цо школалъул нухмалъулел рахьдал мацӏалъе кьурал сагӏтал тӏаса къунцӏизе лъугьиналъул. Хӏакъикъаталдаги, пикру гьабураб мехалъ, аза-азар соназ нилъер миллат-халкъ цӏунараб нилъер хирияб болмацӏ жакъа нилъеца цӏуниялде ккун буго.\nНилъ гӏурус мацӏалда данде чӏарал чагӏи гуро. Гьеб буго нилъер пачалихъалъул мацӏ, гьеб лъачӏого нилъее чара гьечӏо. Цо миллаталъ гӏумру гьабулел цогидал республикабазда данде ккун, советияб заманалдаго Дагъистаналда гӏурус мацӏ лъаялъул иш кидаго борхатаб даражаялда букӏана. Щайгурелъул гӏемер миллатал ругеб республикаялда нилъ цоцазда гӏурус мацӏалда кӏалъала. Амма нилъерго рахьдал мацӏ кӏочон тезе бегьилищ?\nЦебе кидаго абулаан шагьаралда гӏурал магӏарул лъималазда рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏилан, гӏемерисел гӏадамаз лъимал ри-ридал росабалъе ритӏун рачӏунаан магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьанже абуни, магӏарухъ гьарурал, гьенир гӏурал лъимал школалде рачӏунел руго магӏарул мацӏалъул цо рагӏиги лъачӏого. Гьеб лъил гӏайибха кколеб, лъица гьел лъималазда рахьдал мацӏ малъизе кколеб? Эбел-инсуца гурищ? Лъицаха гьел эбел-инсуе рокъоб лъималазда рахьдал мацӏалъ кӏалъазе гьукъун бугеб? Гьеб буго нилъеца метерисеб къоялъул пикру гьабунгутӏи ва наслабазул букӏиниселъул нилъее ургъел гьечӏолъи. Ургъел гьечӏолъиялъ чӏвалел руго нилъ. Абулеб буго шагьаралдаса росабалъе риидал рахьдал мацӏ лъазабизе ритӏарал лъимал, кӏудабазда гӏурус мацӏги малъун, тӏадруссун рачӏунел ругилан. Киназго гӏайиб мультфильмазде рехула, гьездаса лъалеб бугин мацӏилан абула.\nРахьдал мацӏ буго ниж рижарав Аллагьас нилъее кьураб кӏудияб нигӏмат, умумуз нилъее тараб бечедаб хазина ва нилъер халкъалъул къин гьечӏеб ицц. Нилъер магӏарул халкъалъул тарих лъазе ва бичӏчӏизе рес гьечӏо нилъерго рахьдал мацӏ лъачӏого. Киргизазул машгьурав хъвадарухъан, дипломат Чингиз Айтматовас абун буго: «Щибаб халкъалъул хвелгьечӏолъи гьелъул мацӏалъулъ буго», — ян. Магӏарул мацӏ лъаларев чи киданиги унго-унгояв магӏарулавлъун вахъунаро. Щай абуни, магӏарул мацӏалъул рагӏабалъ бессун букӏуна магӏарул чиясул чорхол гӏамал, рахьдал мацӏалъул рагьукъал гьаркьаз гурони рагьулареб хасаб дунял букӏуна магӏарул чиясул. Нилъер щивав чи жиндирго гъасда лъималаздаги гьезул лъималаздаги магӏарул мацӏалда кӏалъалев гьечӏони, гьезда киданиги магӏарул мацӏ лъазе гьечӏо. Дида кинго бичӏчӏуларо цониги батӏияб миллаталъул чи гьоркьов гьечӏеб магӏарулазул жамагӏат магӏарул мацӏги тун батӏияб мацӏалда кӏалъаялъул магӏна щибали. Гӏалимзабаз чӏезабун буго анкьго сон базегӏан рахъизе лъачӏел хӏарпал букӏине кколеб куцалъ рахъизе чиясда киданиги лъазе рес гьечӏилан. Гӏемер мацӏал лъанагӏан лъимал пикру цебе тӏурал, сундаго хадур гъурал ва бетӏер хӏалтӏулел лъугьунилан хъвалеб буго мацӏалъул гӏалимзабаз.\nШколазда рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул рахъалъ абуни, гӏемераб жо бараб буго школалъул директорасда. Анкьида жаниб цо кӏиго сагӏаталде рачине бегьилищ рахьдал мацӏгин адабияталъул дарсал? Магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз ва гьезул цолъиялъ жакъасеб къоялъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго школазда магӏарул мацӏалъул ва нилъер адабияталъул дарсал цӏуниялъе. Гьез санайил батӏи-батӏияб магӏарул районазда тӏоритӏула магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазул ва нилъерго мацӏги цӏарги хириял магӏарулазул байрамал. Дагьаб цебегӏан азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏахьаллъи гьабураб гьединаб данделъи гьабун букӏана Гӏешдерил рохьоб. Россиялда ругел халкъазул рахьдал мацӏ малъиялъул рахъалъ тӏоритӏарал конкурсазда анлъго нухалъ тӏоцебесеб бакӏ ккуна нилъер магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабаз. Цохӏо магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазде рехун рахьдал мацӏ цӏуниялъул ишги тун, хутӏарал киналго нахъегӏан къан чӏезе бегьилищ? Гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан К. Паустовскияс абуна буго: «Жиндирго рахьдал мацӏалде рокьи гьечӏев чиясе унго-унгояб куцалъ гӏураб ракь бокьизе рес гьечӏо», — ян.\nЖакъасеб къоялъ нилъер гӏемераб жо бараб буго районалъул бутӏрузда. Мисалалъе босани, Сулейман Стальскиясул цӏаралда бугеб районалъул бетӏерлъун вукӏаго Нариман Гӏабдулмутӏалибовас ахираб щуго соналда жаниб хасаб стипендия чӏезабун букӏана университеталда лезги мацӏалъул мугӏалимзаби рахъине цӏалулел студентазе. Районалъул бюджеталдаса гьел студентазе стипендия кьезе Нариманида батулеб рес, цониги магӏарул районалъул бетӏерасда щай батулареб? Гьале жакъа вице-премьерлъун вуго Нариман. Законалда данде кколареб жо гьес гьабун букӏарабани, гьев хӏукуматалъул кӏудияб хӏалтӏуде тӏамилароан. Жакъа магӏарул районазда ва росабалъ гьарулел данделъаби щай гьаризе бегьуларел нилъерго рахьдал мацӏалда?\nНилъее заман щун буго Дагъистаналъул цогидал миллатаздаса мисал босизе. Мисалалъе, Махӏачхъалаялда тумазул буго лъабго-ункъгониги, жаниб жидерго ретӏел-тӏехги бараб, жидерго кванил богалги гьарулеб, жидерго мацӏалда кечӏ-бакъанги биччалеб этнокафе, магӏарулазул цониги гьечӏо. Гьединго тумазул рес бугел чагӏаз щибаб риидал гӏуцӏула жидерго районазда этнолагерал. Гьезги мадар гьабулеб буго жидерго мацӏги цӏарги лъазабизе.\nНилъее чара гьечӏого хӏажат руго магӏарул мацӏалда кӏалъалел этносадикал, этнолагерал гӏуцӏизе ва цӏалдохъабазе магӏарул мацӏ лъазабулел тӏахьал рахъизе. Щивав ресалда вугев магӏарул чияс цо-цо мультфильм магӏарул мацӏалда гьабизе тӏаде босулебани, гьебги кӏудияб кумеклъун букӏинаан. Гьединго бегьилаан нилъеца магӏарул мацӏ цӏуниялъул хасаб фонд гӏуцӏизеги. Жакъа нилъеца нилъер магӏишат-яшавалдеги хъулухъ-ишалдеги кьолеб кӏваралъул анцӏго бутӏа гьабун цо бутӏагӏаги рахьдал мацӏ цӏуниялде кьолеб букӏарабани, нилъер иш гӏемерго лъикӏ букӏинаан. Гьадин рахьдал мацӏалъул кӏварги гьабичӏого нилъ чӏолел ругони, гӏага-шагарго 40-50 соналдаса нилъер халкъалъул бечедаб тарих, кӏалзул гьунаралъул фольклор, кицаби ва абиял ва гьединго Инхоса Гӏалихӏажиясул, Цӏадаса Хӏамзатил, Махӏмудил, Расул Хӏамзатовасул ва цогидалги кӏудиял шагӏирзабазул асарал цӏалулев, цӏалун бичӏчӏулев чи ракьалда хутӏиялда щаклъизе бачӏунеб буго.\nНилъер умумузул аби буго бекьараб гурони, лъилъуларилан. Жакъа рахьдал мацӏ цӏуниялъе жеги кина-кинал тадбирал гьарун лъикӏали нилъ ургъичӏони, метер кватӏун букӏине буго. Жакъасеб къоялъ гӏумру гьабулеб цӏикӏкӏараб гӏелалда бараб буго кинабго. Гьез тӏадчӏей гьабун лъималги лъималазул лъималги рахьдал мацӏ лъазабизеги, гьеб бицинеги тӏамулел ругони, нилъер мацӏ цӏунун хутӏизе буго. Гьабичӏони, нилъ рортизе рес бугеб кӏкӏал цӏакъго гъваридаб буго. Гӏадада гурелъул нилъер дунялалдаго машгьурав халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовас хъвараб:\nМетер магӏарул мацӏ хвезе батани,\nХваги дун жакъаго жаниб ракӏ кьвагьун», — абун.\nМагӏарул районазул казиятал малъичӏого, нилъер рахьдал мацӏалда рахъула «Хӏакъикъат» казият, «Гьудуллъи», «Лачен» ва «Магӏарулай» журналал. Нилъеда гьоркьов чан чиясха гьел хъван ругел? Нилъецаго цӏуничӏого щив вачӏине вугев нилъер рахьдал мацӏ цӏунизе? Бищунго ракӏ унтулеб жо буго магӏарул мацӏалда хъвадарулел, гьеб рахьдал мацӏалда тӏад хӏалтӏизе хӏукуматалъ гӏарацги кьун тарал чагӏицин жидерго лъималазда чияр мацӏалъ кӏалъалел рагӏидал.\nДагъистаналъул Миннацалъул малъиялда гъоркь Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда цебе гӏуцӏун буго Дагъистаналъул рахьдал мацӏал лъазариялъул центр. Гьез аслияб кӏвар кьолеб буго къадар дагьал миллатазул (малочисленный) ва хъвай-хъвагӏай гьечӏел (бесписьменный) мацӏазде. Дун гьел мацӏал кӏваричӏин абулев чи гуро, нилъее киналго мацӏал цӏунизе къваригӏун руго. Гьеб буго нилъер унго-унгояб бечелъи. Амма миллионалдаса цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарулазул мацӏ кӏолареб цӏунизе, 5-10 азарго чияс бицунеб мацӏ цӏунун бажариладай?\nЖакъа Башкортостаналъул халкъияб Курултаялъ ва ДУМАялъул депутат Эльмира Аиткуловалъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялде бачӏун буго Россиялъул школалъул цӏалдохъабазе рахьдал мацӏазда ГИА ва ЕГЭ кьезе изну кьолеб законалъул проект. Гьез хъвалеб буго цохӏо рахьдал мацӏги адабиятги гурони гьечӏин школалда малъулел предметазда гьоркьор ГИА ва ЕГЭ кьезе цӏалдохъабазе изну гьечӏел предметал. Коми Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъ ва Татарстаналъул нухмалъулез гьеб законалъул проекталъул рахъ кколеб буго. Хьул буго нилъер Дагъистаналдаса Пачалихъаялъул Думаялда ругел депутатазги гьеб законалъул проект къабул гьабиялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабилилан. Гьеб законалда рекъон миллиял республикабазе рес щвезе буго пачалихъалъулал этно-культураялъулал лъималазул ахал ва школал рагьизе.\nАллагьас щивав магӏаруласе тавпикъги гӏакълуги кьеги жиндирго гъастӏа умумуз аманатлъун тараб рахьдал мацӏ бицинеги ва лъималаздаги гьезул лъималаздаги гьеб малъизеги. Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго церегӏанго соназ хъвараб дирго кочӏол рагӏабаздалъун:\nЖакъа мацӏ кӏочон тани,\nМетер цӏар кӏочон толин,\nЦӏуне, цӏуне, наслаби,\nЦӏар рагӏараб авар мацӏ…..\nМухӏамад Хӏамзаев\nДагъистаналъул халкъияв шагӏир"}
{"slug": "19645-nastyal-k-ismatalda-mugiruzul-ulka", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19645-nastyal-k-ismatalda-mugiruzul-ulka", "title": "Настял къисматалда — мугӏрузул улка", "date": "2022-08-22 15:42:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гурхӏел-рахӏмуялъул нухаздасан\nУнго-унголъунги, кидагоялдасаги цӏикӏкӏун, жакъа къоялъ нилъее къваригӏун буго гурхӏелин цӏар бугеб хасият. Дагъистаниязул гьеб гӏасрабазго букӏана. Гьеле гьеб хасияталъ цӏунун хутӏун батила нилъер халкъазул цолъиги. Цогидал халкъазе нилъ рокьиги – гьебги нилъер цогидаздехун бугеб бербалагьиялъулъ батила.\nГьанирго ракӏалде щвана Хӏамзатил Расулил рагӏаби:\n— Огь! Чанги гӏамал буго магӏарул гӏадамазул,\nГӏаламалъ гьеб босани, гӏалам бечелъилаан,- абураб.\nДагъистаналъул аслияб бечелъилъун дица рикӏкӏуна гьелъул гӏадамал. Гьез ккунги буго жакъа нилъер цолъи-вацлъиги, гӏадан хиралъиги, гьудуллъги, берцинлъиги. Гьеле гьединазул цоялъулгун лъай-хъвай ккана дир.\nГьей ккола Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей Умасалимат Мусаева. Гьей хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул Киров районалъул администрациялда опекаялъул ва попечительствоялъул отделалъул нухмалъулейлъун.\nДагъистаналда гьоболлъухъ\nГьабсагӏаталда Россиялда хӏалтӏулеб гьабулеб буго, «Здравствуй, Россия» абураб проект. Гьелъул программаялда рекъон, Донецкалъул «Сувенир» кьурдул ансамблялъул гӏахьалчагӏи-лъимал рачӏун рукӏана Дагъистаналде.\nГьел щвана Хунзахъе. Гьезда гьениб цӏакъго берцинаб дандчӏвайги гьабуна. Анкьидасан лъимал жидедаго аскӏор гӏумру гьабизе рачана тахшагьарлда гӏумру гьабун ругел хъизамаз. Ва 15 сон барай Настя Берестюкида дандчӏвана хӏалимай, гурхӏел-рахӏмуялъул цӏураб ракӏалъул чӏужугӏадан – Умасалимат Мусаева.\nГӏемераб къварилъиялдаса хадуб Настя ккана маргьабазул дунялалде. Гьеб маргьа гьелъие сайгъат гьабуна Умасалиматица. Гьеб гьайбатаб къисаялъул хӏакъалъулъ рагӏидал, телефоналдасан бухьен ккуна гьей хӏикматай магӏарулалъулгун:\n— Битӏараб бицани, дида гьеб цо кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏунаро. Гьедин гьабуна ва гьабизеги букӏана Дагъистаналдаса бокьараб хъизамалъ. Гьелъулъ буго нилъер къуватги.\nМоскваялдаса ва Санкт-Петербургалдаса васасулги ясалъулги хъизамалги рукӏана рачӏун. Гьелъул щибго квалквал ккечӏо я нижее, я Настяйие.\nТӏоцебесеб иргаялда, гьелъие бокьана мажгиталде щвезе. Цадахъ шалалги росун рачӏун ругоан гьелъ. Гьелъие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна мажгиталъ. Жиндие цебегоги бокьун букӏанила Дагъистаналде щвезеги ва гьениб мажгиталде инегиян абуна гьелъ. Парчиялде гӏунтӏунги киналдаго гӏажаиблъана гьей. Дицаги гьениб бугеб руччабазул отделалъул хӏалтӏухъабазги кинабго бичӏчӏизабуна Настяда. Какичури гьечӏого, Къуръаналда квер хъвазе лъикӏаб гьечӏин абидалги, гьей хӏикмалъана. Гьейгун цадахъ щвана Сулахъалъул къварилъиялдеги, «Главрыба» хӏухьбахъиялъул зонаялдеги, Дилималдеги ва цоги-цогидал бакӏаздеги.\nГьединго щвана ниж тахшагьаралъул музеязде, гӏолохъанал художниказул выставкабазде.\nЖегиги лъимерлъиялъул махӏ лъугӏичеб гьелъул къисматалда рагъалъ лъурал ругънал цӏилъун рачӏунаан банкетазул залаздасан, ресторанал-кафеяздасан риччалел салютазул гьаркьал рагӏидал.\n— Вай,- иланги абун, тӏуркӏун ячӏунаан гьей, дагьабнигицин ахӏи-хӏур рагӏарабго.\nЖинда ватӏаналда бугеб ахӏвал-хӏал ракӏалде щванинги абун, къварилъахъдулаан гьей. Дицаги хӏаракат бахъулаан гьелда гьеб тема кӏоченабизе.\nНастя пана гьаюна Дагъистаналъул тӏабигӏаталъги тӏабигӏат берцинал дагъистаниязги.\nДагъистаналде цӏализе ячӏине бокьун букӏиналъул пикруги загьир гьабуна гьелъ.\nНижехъа цадахъ хӏадурулаан квенги, хасго миллияб квен гьабизе гъира букӏунаан гьелъул – батӏи-батӏиял цӏурачадал, куракул карщ, магӏарул хинкӏал. Цӏакъго гъира букӏана гьелъие гьел хинкӏал гьаризе лъазе. Лъана гьелда гьебги. Дир лъималазул лъималазулгун цӏакъ дандеккана гьелъул гӏамал-хасиятги.\nДунялалъулго киналго гӏадамазда бичӏчӏулеб баркалайилан абулеб рагӏиги гьелъул магӏнаги лъазабуна Настяца. Анкьида жаний дие яслъун лъугьана Донецкалдаса украинай Настя Берестюк.\nКъо-мех лъикӏ, Дагъистан\nДагъистаналдаса тӏадюссун инегицин бокьун букӏинчӏо гьелъие. Нижер хъизанги ругьунлъун букӏана гьелда. Цоцазе гӏагараллъун хутӏизе руго ниж гьанжеялдаса. Рокъое щваниланги кӏалъана гьейги гьелъул эбелги. Битӏун бицани, дир ракӏщун буго Настяде, — ян бицана Умасалиматица.\nБихьулищха, къварилъиялда аскӏобго эхетун бугеб гурхӏел- рахӏмуялъги гӏагар гьарулел рукӏун ругеб куц гӏадамал.\nДагъистаналда бараб кӏиго анкьалъ гьелъие гьабун тун бугеб асаралъул Умаслиматица бицинадал, рохалилаб магӏу бучӏана дир.\n— Салам, Дагъистан! Къо-мех лъикӏ, Дагъистан — гьал рагӏабазул магӏна гьуинлъун толеб куц Ума Гъайирбековна гӏадал гӏадамазул кодоб.\nГьарзалъаги гьединал гӏадамал жиндир рухӏияб гӏамал-хасияталъе дунялалъго бетӏер къулулеб Дагъистаналъе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "19718-evraziyal-ul-garak", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19718-evraziyal-ul-garak", "title": "«Евразиялъул гьаракь»", "date": "2022-08-26 06:46:59", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда республикаялда кӏиабилеб нухалда тӏобитӏулеб буго миллияб вещаниялъул «Евразиялъул гьаракь» абураб фестиваль. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна батӏи-батӏиял республикабаздаса, регионаздаса профессионалиял журналистаз, этнографаз, культурологаз, хӏукуматалъул ва жамгӏиял нухмалъулез. Фестиваль рагьиялъулъ гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас ва ВГТРКялъул Регионалияб департаменталъул генералияв директорасул заместитель Рифат Сабитовас.\nФестивалалъул гӏахьалчагӏаз бицана миллиял мацӏазда риччалел теле- ва радиопередачабазул, жидерго хӏалтӏулъ гьарулел цӏилъабазул.\nКиназулго бицунеб хабар цойиде бачӏунеб букӏана – миллиял мацӏал цӏуниялда тӏад щиб гьабулеб бугеб, щиб гьабизе кколеб абураб.\nГьаб гӏасруялъул ахиралде щвезегӏан бащдал мацӏал тӏагӏиналъул хӏинкъи бугин абураб пикру загьир гьабуна данделъиялда рукӏараз.\nРГВКялъул генералияв директорасул заместитель Мухӏамад Махӏатӏиловас абуна: «19 соналъ цебе гӏуцӏана нижеца РГВКялда батӏи-батӏиял мацӏазда миллиял передачаби риччалеб гӏадат. Амма жакъа къоялде Махӏачхъалаялда ругел лъималазул 20 проценталда лъалеб гьечӏо жидерго мацӏ».\nТарихчӏужу Эльмира Далгатица абуна Дагъистаналъул тарихалъул дарсал школалъул программабазда гьоркьоса рахъун ругила. Гьезги нилъерго культурагин тарих лъаялъе гӏемераб кумек-квербакъи гьабулаанин. Тулаялъул ГТРКялъул хӏалтӏухъаналъ загьир гьабуна гӏурус мацӏги цӏунизе кколин абураб пикру. Гӏемерал рагӏаби ругила батӏиял мацӏаздаса рачӏарал, ва гьез мацӏ чорок гьабулеб бугин.\nДонецкиялъул телевидениялъул хӏалтӏухъанас абуна: «Мацӏ — гьеб ярагъ ккола. Жидер ракьалда гьабсагӏаталда унеб бугеб спецоперациялъулъ гӏахьаллъи гьабулеб буго батӏибатӏиял миллаталъул васаз. Гьез жидерго мацӏалъ бицунеб жо аскӏор ругезда бичӏчӏуларо. Гьедингицин жидерго миллияб мацӏ лъалел чагӏазе бугеб лъикӏ бихьуларищ», — ин махсара гьабуна гьес.\nНижер мухбир"}
{"slug": "19719-24-tsiiyab-fap", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19719-24-tsiiyab-fap", "title": "24 цӏияб ФАП", "date": "2022-08-26 06:51:28", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана сон байбихьаралдаса республикаялда рагьун буго 24 цӏияб фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП). Мисалалъе, гьал къоязда социалиял гьиназде рехун рачӏана, Табасаран районалъул Чулат росулъ квешго басралъун букӏаралъул бакӏалда рагьараб, киналго санагӏалъабаздалъун къачӏарб цӏияб ФАПалъул минаялъул суратал.\nГьединалго, гьанже заманалъул киналго шартӏалги ругел цӏиял ФАПал рагьун руго республикаялъул батӏи-батӏиял росабалъ. Жеги анкьго росабалъ ругел медпунктазда рагӏалде рахъунел руго ремонталъул хӏалтӏаби.\nКапиталияб ремонт гьабун къачӏалел руго жеги рикӏкӏадал районазда ругел 60-ниги фельдшеразулгун акушеразул пунктал.\nАмма… Буго гьениб цо аммаги. Цо-цо бакӏазда гьел ФАПал къачӏазе тӏаде росарал, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъулгун контрактги хъварал подрядчиказ рекӏкӏ гьабурал хӏужабиги тӏатун руго республикаялда.\nМисалалъе босани, гьединаб хӏужа тӏатана Шамил районалъул Занатӏа росдал сахлъи цӏуниялъул минаялда хурхун. Гьеб росулъ ФАПалъул мина букӏана цӏакъго басралъун, биххун иналде ккун. Гьебги хӏисабалде босун, занатӏисезул фельдшеразулгун акушеразул пункт бачун букӏана «Здравоохранение» абураб миллияб проекталда гъорлъе. Амма хӏалтӏи гьабизе къоял тӏаде щведал, подрядчик вахчарун, вихьизе чӏун гьечӏо. Басрияб ФАПги хутӏун буго зодихъе гьакӏкӏан. Гьанже гьеб къачӏазе республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ къотӏи-къай хъвазе валагьулев вуго цӏияв подрядчик. Хьул буго гьесниги бихьинчиясда рекъечӏел жал гьариларин, занатӏиселги цӏияб ФАПги щун рохизе ратилин."}
{"slug": "19720-kiudiyab-kh-izamal-e-sajg-at-gitiinab-avtobus", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19720-kiudiyab-kh-izamal-e-sajg-at-gitiinab-avtobus", "title": "Кӏудияб хъизамалъе сайгъат — гьитӏинаб автобус", "date": "2022-08-26 06:55:39", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Лъимал гӏемераб, амма ресукъал хъизамазе, республикаялъул бюджеталдаса биччараб гӏарцудеги росун, цӏиял микроавтобусал кьезе руго ДРялъул Хӏукуматалъ. Гьал къоязда гьединаб хӏукуму хъванин жиндицаян лъазе гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\n«Лъимал ругел хъизамазда квер чӏвазе», — ян абун Сергей Меликовас исана маялда хъвараб указалда рекъон гьабулеб хӏалтӏи буго гьеб.\nГьел ккола 10 яги цӏикӏкӏун лъимал ругел хъизамал. Гьелъул чара гьечӏеб шартӏлъун ккола гьеб хъизамалъул республикаялда гӏумру гьабун бугин абураб хъвай-хъвагӏай букӏин, гьединго лъималазул бищун кӏудиясул букӏине ккола гӏумрудул 23 сонги."}
{"slug": "19721-avtovazal-e-kumekal-ul-kver-begize-khiadur-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19721-avtovazal-e-kumekal-ul-kver-begize-khiadur-rugo", "title": "«АвтоВазалъе» кумекалъул квер бегьизе хӏадур руго", "date": "2022-08-26 07:02:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда нилъер республикаялдаса чанго заводалъул вакилзаби дандчӏвана Тольяттиялъул машгьураб предприятие «АвтоВазалъул» нухмалъулелгун. Машгьураб автоконцерналъе хӏажатаб къайи-цӏа нилъер республикаялда хӏадур гьабизе рес букӏиналъул суалал дандразе ракӏарун рукӏана гьел гьенире.\nМисалалъе, Тольяттиялда гьоболлъухъ рукӏана АО «Дагдизель», ООО «Мушарака», АО «Авиагрегат», АО «КЗТМ» заводалъул вакилзаби ва «Гидродинамическая коробка автопередач» абураб тӏагӏел ургъарал устарзабиги рукӏана гьезда цадахъ.\nГьеб дандчӏваялда бицана, мисалалъе, къватӏиса хӏукуматалда гьарулезул бакӏалда, цо-цо «АвтоВазалда къватӏир риччалел машинабазе хӏажатаб тӏагӏел-алат нилъер республикаялъул заводаздаги хӏадуризе кӏолеблъи.\nМисалалъе, Дагдизель заводалъ рагьун абуна жидеда кӏолила цо-цо гьединал тӏагӏел -алатал хӏадуриялъул рахъалъ тӏадчӏун хӏалтӏизе ва «АвтоВазалъе» гӏураб къадаралда гьезие къваригӏараб къайи-цӏа заводалдаса къватӏибе биччазе.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "19722-lnral-ul-va-rfyal-ul-bakhiarchiyasulgun-dandchivaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19722-lnral-ul-va-rfyal-ul-bakhiarchiyasulgun-dandchivaj", "title": "ЛНРалъул ва РФялъул Бахӏарчиясулгун дандчӏвай", "date": "2022-08-26 07:05:48", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 августалда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимов дандчӏвана РФялъул бахӏарчи, генерал-майор, ЛНРалъул милициялъул кӏиабилеб халкъияб корпусалъул командующий Эседула Абачаевгун.\nЭседула Абачаев ккола Хив районалъул Зилдик росулъа. Гьес лъугӏизабуна Харьковалъул гвардиялъул тӏадегӏанаб танковияб команднияб училище, РФялъул ВСялъул гӏаммал войскабазул академия ва РФялъул ВСялъул Генштабалъул Военнияб академия.\nЛНР эркен гьабиялъулъ гьабураб жигараб гӏахьаллъиялъухъ В. Путинил хӏукмуялда рекъон, гьаб соналъул июль моцӏалда Абачаев «РФялъул бахӏарчи» абураб цӏаралъе мустахӏикъавлъун вихьизавуна. Гьединго, апрель моцӏалда гьесие кьуна «ЛНРалъул Бахӏарчи» абураб цӏарги.\nГӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏар щвейги баркун, абуна рагъулал масъалаби тӏуразаруралъухъги бахӏарчилъиялъухъги Эседула мустахӏикъав вугин гьеб шапакъаталъеян.\n«Пачалихъиял масъалаби тӏуразарулаго, нужерго Ватӏаналъулги гӏадамазулги гӏумру цӏунулаго, нужеца бихьинчилъиги бахӏарчилъиги бихьизабулеб буго. Нужер бахӏарчиял ишазулги къохӏехьеялъулги нижеца кӏудияб къимат гьабула. Нуж руго нилъер улкаялъего чӏухӏилъунги гӏун бачӏунеб гӏелалъе мисаллъунги», — ян абуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулес."}
{"slug": "19724-tsialudekhun-g-ira-shartiazda-barab-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19724-tsialudekhun-g-ira-shartiazda-barab-bugo", "title": "Цӏалудехун гъира шартӏазда бараб буго", "date": "2022-08-26 07:08:02", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 августалда тӏобитӏана ДРялъул лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазул августалъулаб данделъи. Гьенив гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги.\nДанделъи рагьулаго, Гӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна ДРялъул бетӏерас исана республикаялда лъай кьеялъул сонлъун лъазабун букӏиналъ гьарулел тадбиразги хӏалтӏабазги Дагъистаналда лъай кьеялъул иш борхизабиялъе кӏудияб квербакъи гьабулеб бугин.\nРеспубликаялда лъималазул цӏалудехунги лъай тӏалаб гьабиялдехунги гъира бижизабиялъе шартӏал чӏезаризе ккелинги абуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулес.\n«Гьеб мурадалда, гъоркьисаялдаса нахъе Тӏолгороссиялъул школлъималазул олимпиадаялда бакӏал ккуразеги, гьезул мугӏалимзабазеги, гьединго ЕГЭялда 100 балл босарал выпускниказеги 100 азарго гъурущ премия кьолеб буго. Исана гьеб премиялъе мустахӏикълъана 30 цӏалдохъанги 3 учительги».\nЖакъа къоялда республикаялда 40 азаргогӏан цӏалдохъанасе бакӏ букӏунеб хӏалалъ 103 цӏияб школаги, микьазарго лъимер жаниб хӏебтӏулеб 56 ясли-ахги балеб буго.\n1 сентябралда цӏияб 4 школаги 15 ясли-ахги рагьизе буго.\nДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас бицана, лъай кьеялда хурхарал хӏалтӏаби гӏумруялде рахъинаризе 2021 соналъ 54,3 млрд биччан букӏараб батани, исана гьелъул къадар 22% цӏикӏкӏанин — 66,2 млрд бихьизабун бугин. Гьелда гьоркьоса 11 млрд биччалеб буго «Демография» ва «Лъай кьей» нацпроектазе.\nМ. Манапов"}
{"slug": "19727-giajmakisa-gitiichalgi-rachina-tsiiyab-shkolalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19727-giajmakisa-gitiichalgi-rachina-tsiiyab-shkolalde", "title": "Гӏаймакиса гьитӏичалги рачина цӏияб школалде", "date": "2022-08-26 07:11:32", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Дагьаб цебегӏан тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас абуна: «Капиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гӏахьаллъана 192 школа. Жакъа къоялдехун, 70 бакӏалда цӏараб заманалдаса цебего гьарулел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинарун руго, хутӏараб 110 мина гӏага-шагарго 20-25 августалдехун хӏадур букӏине буго», — ян.\nАмма киналго бакӏазда гуро цӏараб заманалде хӏалтӏаби лъугӏулел ругел. Масала, Махӏачхъалаялъул цо-цо школал 60-65% гурони цӏалул соналде хӏадурун гьечӏо. Кин бугониги, лъималазе квалквал кколареб хӏалалда гьел школаздаги тӏоцебесеб сентябралъ букӏине кколеб хӏалалда цӏалул къо байбихьизе бугин абула.\nРиидалил каникулал байбихьаралдаса нахъе капиталияб ремонт гьабулеб буго Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росдал байбихьул школалда. Щибаб къойил гӏадин школалда хӏалтӏаби унел куцалъухъ балагьизе щолел рукӏана росдал ва районалъул администрациязул хӏалтӏухъаби. Гьабизе бугебщинаб хӏалтӏи бихьидал, кколеб букӏана цӏалул сон байбихьилалде гьеб хӏадурун бахъинарин абун. Амма цӏараб заманалде хӏалтӏаби рагӏалде рахъунел руго.\n«Развитие образования» абураб пачалихъияб программаялда рекъон цӏидасан банин школалъе минайин абизе бегьула: чӏабаралде бетон тӏуна, къадал рохьана, гордал-нуцӏби хисана. Гьединго къватӏисан школалъул минаги къачӏана. Бихьизабураб заманалде школа къачӏан лъугӏанин, кьищни-къул бакӏариялъул, рацӏцӏалъи гьабиялъул хӏалтӏи хутӏун бугин абуна районалъул нухмалъулесул заместитель Асхӏабгӏали Маликовас.\nДагьал церегӏан къоязда районалъул администрациялда тӏобитӏараб терроралда дандечӏеялъул комиссиялъул данделъиялдаги рорхана гӏемерал кӏвар бугел суалал. Аслияб суал букӏана 1 сентябралде цӏалул идараби хӏадуриялъул. Районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏусмановас кӏвар буссинабуна цӏа ккеялдаса цӏуниялъул, видеонаблюдениялъул, сигнализациялъул рахъалъ школал хӏадур рукӏине ккеялде.\n«Развитие образование» абураб пачалихъияб программаялда ва «Образование» абураб миллияб проекталда рекъон гӏемерал школал къачӏана ва цӏи-цӏиял школал ралел руго республикаялда. Амма лъабго сменаялъул цӏали кинго лъугӏизабизе бажарулеб гьечӏо. Хьул буго гӏагараб заманалда жаниб гьеб гӏунгутӏиги тӏаса инин.\nПатӏимат Мухӏамаева"}
{"slug": "19728-shamil-rajonalda-ankgo-shkola-k-achiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19728-shamil-rajonalda-ankgo-shkola-k-achiana", "title": "Шамил районалда анкьго школа къачӏана", "date": "2022-08-26 08:15:42", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулесул заместитель Иляс Хӏусеновас кьурал баяназда рекъон, районалда буго 43 школа: 22 – гьоркьохъеб, анкьго – аслияб ва 14 – байбихьул. Гьенив цӏалулев вуго 2653 цӏалдохъан. Исана тӏоцебесеб сентябралда школалде вачӏине вуго 290 цӏалдохъан. Кӏиго сменаялда хӏалтӏула микьго школа.\nРайоналда буго 20 лъималазул ах, лъабго спортивияб школа ва лъималазул искусствоялъул цо школа.\nИсана капиталияб ремонт гьабуна анкьго школалда: Мачӏада, Хӏотода ва Гьоор росабазул гьоркьохъел школаздаги, Лъезда, Геницӏороб, Хьонохъ ва Хӏокода росабазул байбихьул школаздаги.\nКапиталияб ремонталъул программаялда гьоркьобе ана «Мугӏрузул лъар» абураб Къахӏиб росдал лъималазул ахги.\nНури Нуриев"}
{"slug": "19730-nil-er-produktsiyal-e-tiadegianab-k-imat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19730-nil-er-produktsiyal-e-tiadegianab-k-imat", "title": "Нилъер продукциялъе — тӏадегӏанаб къимат", "date": "2022-08-26 08:23:04", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "23 августалда «Дагъистан» РИАялда журналистал дандчӏвана республикаялъул росдал магӏишаталъул министр Мухтарбий Аджековгун.\nГара-чӏвариялъул байбихьуда РИАялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас ракӏалде щвезабуна исана июлалда республикаялда тӏобитӏараб гастрономиялъулаб фестиваль:\n— Республикаялда тӏобитӏараб гьеб фестивалалда гӏахьаллъана батӏи-батӏиял улкабаздаса шеф-поваралгицин. Гьез цӏакъ тӏадегӏанаб къимат кьуна нилъер гьаниб гӏезабулеб гӏиял гьанае. Масала, гьезул цояс абуна Дагъистаналдаса гӏиял гьан тукабаздагицин бичизе лъезе кколарила, гьеб бикьа-къотӏун, тукабазде щвелалдего, лъугӏизе кколилан.\nМухтарбий Аджековас тӏадчӏей гьабуна республикаялъул росдал магӏишаталда, арал соназда дандеккунгицин, ругел церетӏеязде.\nМасала, гьесги тасдикъ гьабуна М. Мухӏамадовас бицараб:\n— Дагъистаналда гӏезабулеб гӏиял гьан битӏула Москваялде, Санкт-Петербургалде гуребги, Россиялъул цогидал шагьаразде ва батӏи-батӏиял регионазде. Санайил Дагъистаналда гӏезабула 30-35 тонна гӏиял гьанал. Гьелъул 18 тонна нилъерго гьаниб хӏалтӏизабула, — ян бицана министр Мухтарбий Аджековас.\nГьединго министрасул рецц-бакъалъе мустахӏикълъана пиринчӏ гӏезабулелги.\n— Гъоркьиса пиринчӏ бекьун букӏараб батани, 27 азарго гектаралда, исана гьеб бекьун букӏана 30 азарго гектаралда. Гьеб гӏезабиялъулъ кӏудияб бутӏа буго ракьал лъалъалезулги. Арал соназде дандеккун, ракьал лъалъаялъул хӏалтӏиги лъикӏаб даражаялде бачун бажарана. Гъизляралъул ракьазда гӏезабураб пиринчӏ Россиялдаго бищун лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго.\nГьединго абизе бегьула исана букӏанин куракул сониланги. Бакӏарун буго гьелъул 35 азарго тонна. Гьеб бичана Россиялъул цогидал регионаздаги. Республикаялда тӏобитӏана куракул фестивальги, — ян абуна Мухтарбий Аджековас.\nХасалил мучӏдузда гӏияца хасел тӏамиялъулги хӏасилал лъикӏал ругилан абуна министрас. Чахъдада хадуб кьегӏер цӏунизе кӏвеялъул процентги 96-ялде бахун буго.\nРохьихъанлъи цебетӏеялъулги лъикӏал хӏасилал ругин абуна гьес.\nАмма жакъа къоялде аслияб кӏвар кьезе ккараб суал пихъал ва овощал цӏунулел бакӏал цӏикӏкӏинаризе ккеялъул бугилан абуна М. Аджековас.\nЦогидал регионазде дандеккун, нилъер гьанир гьединал бакӏал цӏакъго дагьал руго. Бищун дагьалдаса 150 азарго тонна цӏунизе рес букӏине кколеб буго республикаялъул. Жакъа къоялъин абуни, нилъер рес буго гӏицӏго 25 азарго тонна цӏунизе.\nРосдал магӏишат цебе тӏеялъулъ бищунго кӏвар цӏикӏкӏараб бутӏа лъола техникаялда цадахъго хӏалтӏухъабазги. Гьездехун кинаб бербалагьи гьабулебилан суал кьуна журналистаз.\n— Нижеда бихьула гьезул хӏалтӏи. Кьола гьезие республикаялъулги федералиябги даражаялъул шапакъатал. Масала, дагьаб цебегӏан республикаялда тӏобитӏараб АПКялъул конференциялда ДРялъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас росдал магӏишаталъул микьго хӏалтӏухъанасе кьуна шапакъатал.\nЗама-заманалдасан республикаялъул бетӏер С. Меликовасги батӏи-батӏиял шапакъатаздалъун кӏодо гьарула гьел, — илан жаваб кьуна М. Аджековас.\nГьикъана министрасда гарцӏазул гьужумалъул, цӏолбохъанлъиялъул, ракьал лъалъаялъул хӏакъалъулъги.\nЦӏолбохъанлъиги соналдаса соналде цебетӏолеб бугин, тӏадеги цӏолбол цӏиял ахалги гӏезарулел ругин, гарцӏалги, цересел соназде дандеккун, гӏемер рукӏинчӏилан абуна министрас.\nАмма цо-цо бакӏазда ракьал лъалъаялъул хӏалтӏи букӏине кколеб даражаялда гьечӏин абулеб букӏана журналистаз.\nГьеб иш лъикӏлъизабиялъе пачалихъалъулги республикаялъулги кумекалдалъун ресал ралагьулел ругин абуна Мухтарбий Аджековас.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "19731-bukiinadaj-tsiil-i-dir-vatianalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19731-bukiinadaj-tsiil-i-dir-vatianalda", "title": "Букӏинадай цӏилъи дир ватӏаналда…", "date": "2022-08-26 08:28:40", "categories": ["magiarukh"], "text": "7 августалда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда бицана Бежтӏа участокалъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ.\nДанделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцересел заместителал Руслан Гӏалиев ва Манвел Мажонц, ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Медина Жаватханова, ДРялъул лъай кьеялъул министрасул заместитель Аида Тӏалхӏатова, Бежтӏа участокалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Хӏусен Хӏайбулаев ва цогидал хӏакимзаби.\nТӏоцебе абуни, щибаб районалъул масъалабиги гӏочӏода чӏван, хӏукуматалъул хасаб данделъи тӏобитӏи лъикӏаб тадбирлъун бихьула. Гьединаб тартибалда республикаялъул муниципалитетазул хӏал лъазабизе тӏадкъан буго ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас. Республикаялъул нухмалъиялде чан батӏияв чи вачӏаниги, Бежтӏа участокалъул масъалаби церелъураб хасаб данделъи жеги букӏинчӏо – гьезул хӏакъалъулъ бицунаан Цӏунтӏа районалъего гӏаммал суалазда гьоркьоб.\nБежтӏа участок буго Мугӏрузулаб Дагъистаналда, Грузиялъул гӏорхъода. Гьениб 12 росулъ гӏумру гьабула 10 азаргогӏанасев чияс. Республикаялъул тахшагьаралдаса рикӏкӏад рукӏиналъ, гӏемерисеб мехалда бежтӏадерил масъалабазде регӏуларо пачалихъиял хӏакимзаби ва жамагӏаталъ масъалаби тӏуразаризе ккола жидецаго, ай хутӏула жалго жидедаго. Килщазда рикӏкӏине бегьула гьенире щварал республикаялъул нухмалъиялъул вакилзабиги. Гьединлъидал кӏудияб кӏвар буго Бежтӏа участокалъул масъалаби гьоркьор лъураб ДРялъул хӏукуматалъул хасаб данделъиялъул.\nЩибха бицараб тарихалда хасаб бакӏ кквезе бугеб хӏукуматалъул данделъиялда? Хӏусен Хӏайбулаевасул баяналда рекъон, бежтӏадерил социалиябгун экономикияб цебетӏеялъе квербакъулел тадбирал гьарун руго гӏицӏго 2002-2015 соназда – «Мугӏрул» абураб программаялда рекъон ва «Дирекция ФЦП «Юг России» абураб ГУПалъул квербакъиялдалъун, республикаялъул инвестициязулаб программа гӏумруялде бахъинабулаго.\nРеспубликаялъул нухмалъиялъул кумекалдалъун дагьалъ цебе бежтӏадерие лъуна 6300 кВАялъул къуват бугеб токалъул трансформатор. Гьединаб баян кьуна данделъиялда ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Манвел Мажонцица.\nХӏ. Хӏайбулаевас рехсана Качалай росдал советалда гъорлъ ругел Качалай (200-ялдаса цӏикӏкӏун цӏараки) ва Караузек (160-ялдаса цӏикӏкӏун цӏараки) росабазулъ артезианалъул лъел гъуй бухъиялъул масъала. Качалаялда гьединаб кӏиго гъуй буго: колхозалъе гьеб ракь кьураб заманалда бухъараб ва 1980-абилел соназул ахиралда бухъарабги. Ахирал анцӏ-анцӏ соназда росу гӏезегӏан кӏодолъана ва гьел гъуязул лъим гӏолеб гьечӏо. Минабахъе лъим щоларого букӏуна риидал, хасго хурзал лъалъазе хӏалтӏизабулеб каналалда лъим мукъсанлъараб заманалда. Гьелда бан Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас хасаб тӏадкъай кьуна ДРялъул Ралел бакӏазул министерствоялъе. Бокьилаан, гьекъезе санагӏатаб лъел гъуй бухъиялда цадахъго лъалъадизе хӏажалъулеб лъел масъалаги тӏубазабуни.\nДир пикруялда рекъон, лъел гуребги, кӏвар цӏикӏкӏарал гӏемерал масъалаби руго Бабаюрт районалъул ракьазда гӏумру гьабулел бежтӏадерил жамагӏатазул. Масала, Качалай росу къотӏун уна Караузекалдеги, Лъаратӏа районалъул цогидал росабалъеги. Гьеб шагьранухда жеги тӏун гьечӏо хъил. Гьенисан хьвадулел машинабаз бахъинабураб хӏуралъ гъанкъулел руго гьенир ругел минаби. Хӏинкъи буго нухдасан школалде хьвадулел лъималазул гӏумруялъеги. Дагьалъ цебе Качалай росдал жамагӏаталъ нухцин къан букӏана гьеб сабаблъун.\nЧарагьечӏого тӏуразаризе кколеллъун рихьула Качалаялдаги Караузекалдаги гӏемерал соназ аслияллъун ругел токалъулги газалъулги суалал. Качалай росдада хьолбохъан унеб буго газалъул магистралияб рогӏоро, амма росулъе газ бачун гьечӏо. Караузек росулъан рогӏралги лъун, газ бачине бугин бицуна Лъаратӏа районалъул Мазада росулъе, амма жибго Караузекалде гьеб бачиналъул хабарго гьечӏо. Гьури пуниги, цӏад щенаниги, свинабула гьениб ток. Гьечӏо канлъи кӏиябго росдал къватӏаздаги. Гьечӏо Качалаялда лъималазул ах – щибаб къойил лъимал раччула Караузекалъул лъималазул ахикье.\n2015-2020 соназда Бежтӏа участокалда бан гьечӏо цониги социалияб объект. Сахлъи цӏуниялъулгун лъай кьеялъул ва маданияталъул идараялъул цониги бакӏ базехъин гьечӏо 2021-2023 соназда республикаялда гӏумруялде рахъинарулел инвестициязулал программабазда рекъонги. Щай? Щайгурелъул, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Руслан Гӏалиевасул баяналда рекъон, пуланаб бакӏ базе хӏажат бугин абун, Бежтӏа участокалъул администрациялъул ва муниципалитетазул бегавулзабазул рахъалдаса бачӏараб цониги хитӏаб гьечӏелъул. Гьединал хитӏабал рукӏаралани, рес щвелаан «Мугӏрузул ракьал церетӏезариялъул хӏакъалъулъ» абураб республикаялъулал программаялда гъорлъе гьелги ккезаризе.\nСоветияб заманалдаго, ай араб гӏасруялъул 40-80-абилел соназдаго рарал руго Бежтӏа участокалъул росабалъ ругел школазулги, библиотекабазулги, росабазул советазулги, централияб больницаялъулги минаби. ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Медина Жаватхановалъ абуна, Бежтӏа участокалда къачӏазе кколила цо библиотекаги ракӏгъеялъул тадбирал гӏуцӏулеб лъабго минагиян. «Культурная среда» абураб федералияб программаялда рекъон, гьелги къачӏазе рес щвелаан, участокалдаса гьединаб хитӏаб бачӏарабаниянги бицана гьелъ.\nЖакъа кӏвар бугеб масъала буго социалияб объекталъе мина баялъе санагӏатаб ракь балагьи. Школа, больница яги лъималазул ах балелде хӏадуризе ккола документал – проект, смета, ракьул «зеленка» ва гь.ц. Масала, Бежтӏа росу байбихьулеб бакӏалда буго 1960-абилел соназдаго хъорщол бараб лъималазул ах. Гьабсагӏаталда гьенир бакӏал гӏолел гьечӏо – лъималазул ахикье иргаялда чӏун буго 56 лъимеран бицана данделъиялда ДРялъул лъай кьеялъул министрасул заместитель Аида Тӏалхӏатовалъ. Хӏакъикъаталда гьел жеги гӏемер ратула. Гьелда бан Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас лъазабуна 60 лъимадуе бакӏ бугеб модулияб лъималазул ах базе хӏадурлъеян абун. Участокалъул централияб больница къачӏаялъе ва гьеб дарабаздалъун хьезабиялъе ресал ратеян тӏадкъана гьес ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалдаги.\nКиб базе бугеб лъималазул ах? Росу цӏакъ кӏодолъун буго, ризго ран руго минабиги. Лъималазул ахалъе ракь балагьи букӏина, дир пикруялда, захӏматаб масъалалъун. Аэродромалъул ракьалда цересел соназда бана Спорталъул кӏалгӏа. ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидовас абуна, тӏадеги спорталъул майданал ва цогидал объектал разе квербакъиялъе жал хӏадурал ругин. Гьанисан-дорасан бутӏабиги тӏезарун, аэродромалъул ракь мукъсан гьаби битӏараблъун бихьуларо. Вертолет рещтӏунеб бакӏ чарагьечӏого хӏажат буго бежтӏадерие. Мисалалъе, захӏматго унтарав чиясухъе тохтур вачӏине яги унтарав тахшагьаралде хехго щвезавизе.\nХӏисабалде босизе ккола цоги суал: росу кӏодолъун, Цӏунтӏе рахъалдехун халалъун бугелъул, гьенибги букӏине ккола лъималазул ах. Гӏурумухъалда ран руго росуцояз минаби. Гӏурул рагӏалда лъималазул ах базе рекъон букӏинаро – гӏор щвани, гьелъие хӏинкъи букӏина. Рохьил рацӏцӏалъиялда берцинги рекъонги букӏинаан гьеб, амма ахирал соназда гӏалхул жанавараз рахӏат хвезабун буго халкъалъул. Гьабсагӏаталда гӏадамал хӏинкъулел руго гӏисинпихъ бакӏаризе рохьоре инецин.\nБицана данделъиялда бежтӏадерил жамагӏат бохизабулеб хабарги: ДРялъул Транспорталъулгун нухлул магӏишаталъул министерствоялда Гӏ. Гӏабдулмуслимовас тӏадкъана Анцухъа Бежтӏе щвезегӏан шагьранухда хъил тӏеялъе тадбирал гьареян абун. Бицана Бежтӏаса Гьинухъе, Гьинухъ габурлъиялдасан гуреб, батӏияб нух бахъизе ккеялъул хӏакъалъулъги. Гьеб нухлул халалъи букӏине буго микьгогун бащдаб километр. Хӏакъикъаталдаги, Гьинухъ габурлъиялдасан унеб шагьранух ккола гӏумруялъе хӏинкъи бугеб ва машинаялъе захӏматал эхедераялгун свераби ругеб нух. Гьенир гӏемер ккола авариял. Масала, 2020 соналъул маялда, машинаги гебегун ун, гӏумруялдаса ватӏалъана цо хъизамалъул ункъо чи.\nГьабизе хӏалтӏиги гӏуцӏизе тадбиралги гӏемер руго. Участокалъул лъикӏал ресал руго росдал магӏишат цебетӏезабизе – хурухъанлъи, гӏи-боцӏухъанлъи, ахихъанлъи. Лъикӏал шартӏал руго, тӏабигӏаталъул ва миллияб маданияб нахъраталил сурсатазул кьучӏалда, этнотуризм цебетӏезабиялъеги. Руго участокалда даруял иццал – гьездасаги пайда босизе бегьула муниципалитеталъул бюджеталде рачӏунел гъурщал гӏемерлъизариялъе.\nХьул буго, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Нариман Гӏабдулмутӏалимовасул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб ведомствабазда гьоркьосеб хӏалтӏул къокъаялъ, рехсарал ва цогидал рахъазде кӏварги кьун, Бежтӏа участокалъул цебетӏеялъе пайдаял хӏукмаби гьариялде."}
{"slug": "19732-rukhiarazul-bakialda-tsiiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19732-rukhiarazul-bakialda-tsiiyal", "title": "Рухӏаразул бакӏалда – цӏиял", "date": "2022-08-26 08:35:16", "categories": ["magiarukh"], "text": "Федералиял проектаздаса пайда босулеб буго Цӏунтӏа районалда школал цӏигьаризе. Гьабсагӏаталда гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ нижее бицана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Гъазимухӏамад Абакаровас.\nБаян: Гъазимухӏамад Абакаров гьавуна Цӏунтӏа районалъул Берих росулъ. Лъугӏизабуна ДГПУ ва щвана «лъай кьеялъул ва экономикаялъул менеджмент» абураб махщел. Хӏалтӏана Шаури росдал школалда тарбиячилъун, лъималазул художествиябги техникиябги гьунаралъул школазул нухмалъулевлъун, районалъул заочнияб школалда завучлъун. 2004 соналдаса нахъе хӏалтӏана лъай кьеялъул управлениялда методистлъун. 2022 соналда тӏамуна лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулевлъун. Гӏаммаб хӏалтӏул стаж – 15 сон.\n— Ахирал соназда рухӏана Хӏибиялъ, Мекали, Мокъокъ ва цогидал росабазул школал. Кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб гьениб гьабсагӏаталда?\n— Хӏибиялъ росулъ цӏали гӏуцӏун буго ижараялъе босараб лъабго минаялда. Гьенибги Мекалибги байбихьун руго школазе минаби разе. Ракӏалда буго гьаб лъагӏалил ахиралде гьел ран рахъинаризе. Хьул буго январалдениги цӏиял школазде лъимал рачине рес щвеялде.\nРайоналде кӏицӏул вачӏун вукӏана ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаев. Абун букӏана школазе модулиял минаби разе ругин абун. «Капиталияб ремонт» ва «Лъай кьеялъул идарабазул модернизация» абурал проектазда рекъон, районалъул чанго школа къачӏазе ва базе буго. Мухӏканго абуни, школал разе руго спонсоразул ва меценатазул харжалъухъ. Хадурккун гьел къачӏазе руго цереккун рехсарал программабазе бихьизабураб гӏарцухъ. Шамил Мухӏамадовги Хизри Мухӏамадовги – гьел ккола Кидеро росулъа, «Лидерстрой» ООО абураб ралел бакӏазул фирмаялъул вакилзаби. Гьел руго гӏагараб районалъухъ ракӏунтарал унго-унгоял патриотал.\n— Мокъокъ росдал школа балеб бугищ?\n— Жеги байбихьун гьечӏо. Гьеб школа буго басрияб минаялда. Гьеб жагъалаблъун, ай гӏадамазе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏун, акт гьабун гьечӏо. Нижеца хӏаракат гьабулеб букӏана гьеб капиталияб ремонталъул программаялда гъорлъе ккезабизе. Амма хӏадурарал документазулъ гъалатӏалги ратун, гьоркьоса бахъизе ккана.\n— Хъебалъ росдал школа базе байбихьанин бицун букӏана жигарав жамагӏатчи Мухӏамадрамазаница.\n— Жакъа къоялъ гьеб буго республикаялъего №1 масъала. Гьелъул хӏакъалъулъ бицен ккана районалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Ахӏмад Хӏамзатовасул ва ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул видеобухьеналдаги.\nГьабсагӏаталда гьенир руго кьучӏги къадалги. 25-30 проценталъул хӏалтӏи гьабун буго. Амма, проекталда хиса-басиял гьаризе ккеялда бан, ахираб кӏиго соналъ хӏалтӏи чӏезе тана. Школа балеб буго гохӏда. Гьеб битӏизабулаго, гӏемераб гӏарац харж гьабизе ккана. Гьединлъидал батила, хӏалтӏиги чӏезабизе ккараб. Бан бахъараб мехалда гьеб букӏине буго районалдаго бищун лъикӏаб, гьанжезаманалъул тайпаялъул школа – спортзалги, спортивиял майданалги, богорукъги ругеб.\n— Гьабсагӏаталда школазул халгьабулеб буго. Кинаб ахӏвал-хӏал бугеб цогидал школазда?\n— Хӏалтӏулеб буго халгьабиялъул хасаб комиссия. Районалда буго 19 гьоркьохъеб ва цо аслияб лъай кьеялъул, гьединго гьезул филиаллъун бугеб 20 байбихьул школа. Буго 14 лъималазул ахги – гьезул 12 ккола школазул филиаллъун ва кӏиго – жалго бетӏергьанаб идаралъун.\nКомиссия щвана киналниги школазде. Гьезул 80-ялдаса цӏикӏкӏун процент цӏалул сон байбихьизе хӏадурго руго. Руго гӏиси-бикъинал гӏунгутӏаби (цӏа ккеялдаса яги терроралдаса цӏуниялъул рахъалъ; масала – школалъул азбар сверункъаялъул) ва гьел тӏагӏинаризе руго тӏоцебесеб сентябралде.\n— Балъголъи гуро, Цӏунтӏа районалда гӏемер рукӏана вагьабиязул идеологиялъул рахъ кколел гӏадамал. Гьез тӏадецуй гьабулаан лъай кьеялъул идарабазда гьабулеб хӏалтӏудеги.\n— Гьединаб хӏакъикъат букӏана щуго-анлъго соналъ цебе. Гьанже гьечӏо. Гьелъие сабаблъунги ккана росабазул мажгитазул имамзабазулги, лъай кьеялъул идарабазул нухмалъиялъулги, районалда ругел пограничниказул вакилзабазулги ва районалъул администрациялъулги цадахъаб хӏаракат – халкъалда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏи.\n— Магӏарул мацӏ малъулеб бугищ школазда?\n— Исана тӏоцебесебги щуабилебги классал цӏализе руго цӏиял федералиял стандартазда рекъон. Гьабсагӏаталда гьечӏо гьезде рекъон кколел магӏарул мацӏалъул цӏалул тӏахьал. Цӏалдохъабазул эбел-инсул гӏемерисез инкар гьабулеб буго магӏарул мацӏалдаса. Ингилис мацӏалъул ЕГЭ кьезе кколеб бугин абун, гьелде цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе кколеб бугин абула. Гьез ратула магӏарул мацӏалдаса эркенлъиялъе рес кьолел законазул хӏужаби.\nК. Сулейманова"}
{"slug": "19733-k-ural-rag-al-kiochana-yarag-iyav-k-anshchidal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19733-k-ural-rag-al-kiochana-yarag-iyav-k-anshchidal", "title": "…Къурал рагъал кӏочана, Ярагъияв къанщидал…", "date": "2022-08-26 08:40:55", "categories": ["rel"], "text": "Исана август моцӏалда 250 сон тӏубала Мухӏаммад Ярагъияв гьавуралдаса. Гьелда бан, 18 августалда Сугъралъ росулъ тӏобитӏана Дагъистаналъул диниял гӏалимзабазул мажлис.\nГьеб къоялъул къаде гӏуж гӏагарлъанагӏан, Сугъралъ росдал кӏудияб мажгиталда цере, аслияб майданалде, рачӏунел гьалбадерил автомашинабазул къадар цӏикӏкӏине байбихьана.\nТӏаде щвана хас гьабун мажлисалда гӏахьаллъи гьабизе вачӏарав Дагъистаналъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовгун гьеб министерствоялъул ва рухӏияб управлениялъул хӏалтӏухъаби, районазул имамзаби, Гъуниб районалъул росабазул бутӏрул, Ахты, Курах, Дербент, Махӏарамкент, Сулейман-Стӏалалъулгун Кусар районаздаса гӏадамал, Мухӏаммад Ярагъиясул ватӏанцоялгун росуцоял ва гьесул гӏагарлъиялъул гӏадамал. Гӏаммаб куцалда мажлисалде рачӏун рукӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи рекӏараб кӏинусгогӏан автомашина. Ва гьезул гӏемерисел берцин гьарун рукӏана Мухӏаммад Ярагъиясул суратаздалъун, гордаздасан парпазарулел рихьулаан гӏурччинал байрахъал…\nСугъралъ росулъе щвейгун, тӏоцере мажлисалъул гӏахьалчагӏи зияраталъ Мухӏаммад Ярагъиясул хабатӏе щвана. Гьенир дугӏа-алхӏам гьабун хадур, Сугъралъ росдал кӏудияб цӏибараб мажгиталда жамагӏат гьабун как бана. Гьелдаса хадуб гьенибго байбихьана Дагъистаналъул диниял гӏалимзабазул мажлис.\nКӏалъазе рахъарал Энрик Муслимовас, Дагъистаналъул муфтиясул заместитель Ахӏмад Мухӏамадовас, Юждагъалда вугев Дагъистаналъул муфтияталъул вакил Хӏусен Хӏажиевас, Исламалъулал гӏелмабазул доктор Мухӏаммадгӏариф Рамазановас, Сулейман-Стӏал росдалгун районалъул имам Шамил Гӏумаровас ва Гъуниб районалъул имам Гӏалиасхӏаб Разакъовас тӏадчӏей гьабуна Мухӏаммад Ярагъиясул гӏумруялдагун гьес нахъе тараб гӏелмияб ирсалда.\nАмма, щаяли лъаларо, тадбир бачунезда гьеб кӏудияб мажлисалда сугъулдерил вакиласе кӏалъазе рагӏи кьезе ракӏалдецин ккечӏо. Лъаларо, кӏочонищ гьезда тараб, ялъуни сугъулдерил кӏалъазе гӏадамалгойищ лъугӏаралали…\nМажлисалъул ахиралда берцинаб дугӏаги гьабун, киналго гьалбал росдал цӏибараб мажгиталда аскӏобго, хасс гьабун гьелъие бараб богорокъоре рилълъана. Гьениб сугъулдерица гьалбадерие гӏуцӏун букӏана тӏагӏамаб квана-гьекъейги унго-унгояб сугъулдерил чайги. Гьелъие гӏоло гьалбадерие квен-тӏех хӏадуризелъун, хӏатта шагьаралдаса гӏемерал сугъулдерил руччабиги, пулав гьабизе Хьаргабиса махщел бугел богогьаби-чагӏигицин рачӏун рукана.\nМухӏаммад Ярагъияв гьавуралдаса 250 сон тӏубаялда бан Сугъралъ росулъ тӏобитӏараб Дагъистаналъул диниял гӏалимзабазул мажлисалъул гӏахьалчагӏи-гьалбал, жал лъикӏ къабул гьаруралъухъ сугъулдерие баркалаги кьун, жиде-жидер ватӏаналде разиго тӏадруссун ана.\n* * *\nЯрагъияв устар цадахъги вачун,\nЧуял гьалагазул боялги гьарун,\n…Гӏалимзаби ахӏун, вагӏзаби гьарун,\nХӏабибасул тӏарикъ тӏокӏкӏинабуна.\nГудермес рагӏалда байрахъалги чӏван,\nЧачаназул улка кверде босана.\n…Анин рагъул гъалбацӏ Ярагъиявгун,\nРихьуниб кӏкӏалахъе рещтӏенги гьабун,\nРукъзал тӏуралелде тӏадмагӏардасан\nТӏогъилал байрахъал парпазаруна…\nЛъидаха лъаларел Хьаргабиса Мухӏамадбегил (цоги баяназда рекъон, Чӏикӏаса Мухӏамадил) «Имам Гъазимухӏамад чӏваялъул кочӏолъа» лъабавго Дагъистаналъул имамзабазул мугӏалимасул хӏакъалъулъ бицунел гьал тӏадехун рехсарал мухъал!\nЛъалеб букӏахъе, машгьурав шайих, гӏалим ва муршид, накъшубандияб тӏарикъаталъул устар Мухӏаммад Ярагъияв цӏалана Гӏандалазул машгьураб Сугъралъ мадрасаялда, ва хадуб гьеб росуги лъугьана гьесие кӏиабилеб ватӏанлъун. Хвелалда цеве гӏумру гьабизеги, гьижра гьабун, тӏуванго Сугъралъ росулъе гочана. Гьениб батана гьесда абадияб рукъги. 1838 соналда Мухӏаммад Ярагъияв Аллагьасул къадаралде щведал, зигараялъ Сугъралъе рачӏарал рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазда гъорлъ рукӏана Имам Шамилги, Гъази-Гъумекиса Жамалудинги ва Дагъистан машгьур гьабурал нус-нус цогидал гӏадамалги. Гьезда цадахъ гьениве зигараялъ щварав Къарахъа Мухӏаммад-Тӏагьирица гьадинал рагӏабаздалъун загьир гьабун буго Ярагъияв къадаралде щвей халкъалъе захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ жиндиерго цо марсияталда жаниб:\n…Бищун бакӏаб къварилъи — къадарги тӏаде гӏунтӏун,\nГӏаламалъулго Сайид нилъедаса ватӏалъи;\nНилъей хӏалай ватулев Хӏабибуллагь Мухӏаммад\nХӏакъав расул вукъараб къо хӏехьана умматалъ.\nКъурал рагъал кӏочана, Ярагъияв къанщидал…\nМухӏаммад Ярагъияв вукъун вуго сугъулдерил хабалалъ, ва росдал устарзабаз гьесул хабада бан буго берцинаб зиярат. Гьединлъидал цебегоялдаса Сугъралъ ва Ярагъи росабазул гӏадамаз цоцада вацлъиги лъазабун буго. Гьесул рукӏарал божарал гьалбадерил жакъасеб наслуялъ ясбер гӏадин нахъе цӏунун буго Мухӏаммад Ярагъияс Гӏабдулкъадирил Ризае васият гьабураб Аллагьасул калам — Къуръан ва бацӏцӏадго цӏунулеб буго Ризаловазул ирсилаз Мухӏаммад Ярагъиясул хӏурматалда жидерго бихьинаб наслуялъе ирсалъ ирсалъухъе кьун толеб «Ярагъияв» абураб хӏурматияб цӏар…\nЛезгиязул биценалда рекъон, цо нухалда Мухӏаммад Ярагъияв Гӏарахъ магӏарде жидерго гӏиял хал гьабизе ун вукӏун вуго. Къаде какил заман тӏаде гӏунтӏигун, как базе бокьарав гьесда каки чуризе лъим батун гьечӏо. Ярагъияс жидерго халатаб гӏанса гӏодоб тункун хадуб гьенисан кӏиго ицц баккун бачӏун буго. Гьезие кьун буго «Мачӏгояб рахьдал ицц» ва «Бетараб рахьдал ицц» абурал цӏарал. Гьел иццал жакъа къоялде щвезегӏан цӏунун хутӏун ругин абула. Гӏакъил хвани, нахъе лъикӏаб цӏар хутӏула, гӏалим хвани, лъикӏаб асар хутӏулин абураб авар халкъалъул кициялъухъего, биччанте, гьел иццалго гӏадин, Ярагъиясул лъикӏал ишалги, гӏелмияб ирсги, гьесул асаралги нилъееги хадусел гӏелазеги нахъе цӏунун хутӏизе!\nМухӏамад Абакаров, журналист, авторасул сурат"}
{"slug": "19734-turistal-una-bagabi-khutiula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19734-turistal-una-bagabi-khutiula", "title": "Туристал уна, багьаби хутӏула", "date": "2022-08-26 08:42:55", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Ахиралде щолеб буго хӏалтӏуцагун цӏалуца свакарал урхъараб риидалил гӏуж. Шагьаралдаса хӏухьбахъизе рачӏарал жиде-жидер пишаялде тӏадги руссун, чӏороголъулел руго росаби.\nХасалихълъиялде гӏагарлъулеб бугониги, Дагъистан бихьизе гӏащикълъун рачӏунел гьалбадерил къадарин абуни жеги дагьлъунго гьечӏин ккола.\nАхиралде щолеб буго хӏалтӏуцагун цӏалуца свакарал урхъараб риидалил гӏуж. Шагьаралдаса хӏухьбахъизе рачӏарал жиде-жидер пишаялде тӏадги руссун, чӏороголъулел руго росаби\nРосулъа шагьаралде тӏадруссунаго, магӏарухъе унел машинабазул чвахи чанцӏулго ризаб бугоан. Кидаго кеп букӏуна сапаралъ цадахъ ругезул харбихъ гӏенеккизе. Бакӏ-бакӏалда лъалхъун ратулел туристал рихьун гьезде буссана хабар. Лъабго чӏужугӏадан йиго гьаб нухалъ цадахъ, лъабалъулго буго батӏи-батӏияб пикру.\n«Отпусказул заманаялъ гьазул рокъоб гьабизе хӏалтӏигодай букӏунареб. Бадиса цӏа унаха, керчал бутӏрулгун, нилъ зияраталъ унел бакӏазда гьал ратидал», — ин абулеб буго цоялъ.\nКӏиабилей разиго йигоан туристал цӏикӏкӏиналдаса: «Вай, рачӏун лъикӏ, гьездаса бугебщинаб хайир нилъер гӏадамазе. Дир мадугьалалъ бицана исана росулъги чӏун туристазе куракул карщ бичун жинца къоазарго гъурущ гӏарац гьабунилан. Дицагоги гьезий бичанщинаб пихъ. Гӏумруялъ букӏинчӏо исана гӏадаб даран.»\nЛъабабилей гьалмагъ гьал кӏияздаго рекъечӏо: «Уха, куракул карщалъухъцин лъун бугеб багьа, цогидалъул гьабиларищ. Вай, хъантӏи, нужгогӏагийищ нечоларел гьедин хираго пихъги квенги бичизе? Ботӏрода кӏаз чӏвачӏогоянги туристазда гӏайиб чӏвалел руго нуж, нилъер шагьаразда чохтӏо къан ратила киналго хьвадилел, нужералги нижералги»\n«Нилъераз магӏарухъе унелъул рас бахчулаха» — ян гӏайиб бацӏцӏине лъугьарай гьалмагъ чӏезаюна лъабабилелъ: «Шагьаралда Аллагьасда рихьулелгӏаги ратиларо гьел. Гьадал, кӏаз къачӏел туристазулги цӏикӏкӏунисел дагъистаниял ратулеблъи лъай нужеда».\nТуристазул рахъалъ батӏи-батӏиял пикраби гӏемер рагӏула, хасго магӏарухъ. Цоял рохун, риххун, щиб гьабунги гьездаса щагьи-пара тӏалаб гьабулел, цогидал туристал росабалъе рачӏине бокьуларого, нилъер ракьалдаса баракат унин, лъабабилел — нилъерго гӏадаталда рекъон, рикӏкӏадаса рачӏарал гьалбал чӏорого кваназарулел. Гьоркьохъеб, киналго разияб, лъиего зарал кколареб низамалде кида бачӏинеб лъаларо гьаб ахӏвал-хӏал. Гьеб батила нилъерго культураялъул къимат гьабунгутӏи, чияраб бичӏчӏунгутӏи, къокъго абуни — лъавукълъи.\nТуристаз бер къапичӏого гӏарац кьолеб бугин абун базараздагун ашбазазда кванил нигӏматал ричулел руго зодобе бахараб багьаги тӏад лъун. Бакӏалъулал гӏадамазе гьелъул бугеб заралалде ургъулев чи гьечӏо.\nТуристал нилъехъе рачӏуна чорхое, чохьое ва рекӏее рахӏаталъе. Гьел уна, багьаби хутӏула."}
{"slug": "19735-g-urshchal-rikhunilan-rikhkhun-l-ugunge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19735-g-urshchal-rikhunilan-rikhkhun-l-ugunge", "title": "Гъурщал рихьунилан риххун лъугьунге!", "date": "2022-08-26 08:47:47", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Хириял диналъул вацал, яцал, магӏарухъе гӏемер туристал рачӏунел руго гьаб ахираб кӏиго соналъ. Гьезда хурхун гӏемер батӏи-батӏияб хабарги буго.\nНилъеде тӏаде кӏанцӏарал тушбабиги гуро, щибниги бахъизе рачӏарал хъамалчагӏиги гуро гьел. Улкаялъул цогидал регионаздаса гӏадамал рачӏун руго Дагъистаналъул тӏабигӏатги культураги берцин бихьун, гьездаса ккезе зарал нилъее щибниги гьечӏо.\nХӏинкъизе ккараб жо буго гьадинаб: Дагъистаналъул тарихалде раккараб мехалъ, имамзабазул гъазават бугеб заман букӏа, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул сонал рукӏа, камичӏо нилъер дагъистаниязда гьоркьор квешаб цӏар бахъарал чагӏи. Гӏарцухъ дингун ватӏан бичаралги ккана, жидее цӏар-реццалъе гӏоло гьересияб гӏамал, хиянат гьабуралги рукӏана. Гьел гӏадамазул цӏарал ва ишал рогьолъун, ругъунлъун хутӏана тарихалда. Хириял бусурбаби, нилъехъе рачӏарал туристаз жидеего рахӏат, кеп щвезелъун кваранихъеги квегӏибеги гӏарац буго хьвагӏулеб барахщичӏого. Гьеб гӏарац бихьараб мехалъ нилъеразда гьоркьор камулел гьечӏо гъурщазухъ балагьун бер биххарал, яхӏ биларал чагӏи, кӏалдибе гьунареб багьа бахинабун буго сундухъго.\nХасаб хитӏаб гьабизе бокьун буго туроператоразде, гидазде. Нужеда бараб жо гӏемераб буго. Заман уна, гьабурабщинаб лъикӏабги квешабги тарихалда хутӏула ва кида къадги гьеб квешлъи нужехъе, нужер наслабазухъе тӏадги буссуна.\nНужее бокьун батани лъикӏазулъ рехсолеб цӏар хутӏизе, нужеца гъурщазухъ динги Дагъистаналъул лъикӏабщинаб хасиятги бичуге. «Гъурщие лагълъи гьабулесул талихӏ къаги» — ян абун буго нилъер аварагас (с.гӏ.в.).\nТуристазе хӏухьбахъиялъул сапарал гӏуцӏулел чагӏазда бараб жо гӏемераб буго. Нилъер ракьалда лъикӏабщинаб бихьизе, кваназе рачӏарал гӏадамазда гъурщазухъ бокьараб гьабизе хӏадурал, яхӏги, намусги, сахаватлъиги биларал дагъистаниял дандчӏвани, гьезда цере нилъ басралъизе, учузлъизе руго. Гьеб мехалъ кинаб хьулха букӏинеб дагъистаниязул хӏакъалъулъ лъикӏаб рагӏи рагӏизе?\nЦохӏо туроператораздегун гидазде тӏамун тезе кколаро росабалъе рачӏунел туристазул тӏалаб ва гьезие низам чӏезаби. Росдал имам, бегавул, хъулухъчагӏи ва гӏадатиял гӏадамал, батӏалъи гьечӏого, нилъее киназего гӏаммаб хӏалтӏи буго гьеб.\n«Нилъер ватӏаналде къо ккараб мехалъ гӏицӏго церехъабазде рехун тоге жавабчилъи, жиде-жидер магӏишаталъул гурони нилъеца тӏалаб гьабичӏони, басралъи тӏамила тӏаде» — ян абулеб магӏнаялъул цоги хӏадис буго.\nЖакъа нилъеда бихьулеб, туристал гьанире рачӏиналъул багъа-бачари, гьаб буго гӏицӏго байбихьи. Гьел цӏикӏкӏине руго жеги. 15-20 соналдасан нилъер халкъ релълъине буго туристазада яги туристал нилъеда релълъине руго. Гьебги бараб буго нилъер халкъалда. Нилъерго хӏурмат нилъецаго гьабулеб бугони, чияцаги адаб рехуларо.\nАллагьас къуват кьеги киназего умумуз нилъехъе кьураб динги, нилъерго лъикӏабщинаб хасият-гӏамалги цӏунун къвакӏун чӏезе.\nАюб-хӏажи Зайнулгӏабидов,\nШамил районалъул Ругъелда росдал имам"}
{"slug": "19736-gitiinav-metsenat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19736-gitiinav-metsenat", "title": "Гьитӏинав меценат", "date": "2022-08-26 08:53:24", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Шамил районалъул Мачӏада бугеб лъималазул лагералда хӏалтӏулел тарбиячагӏаз гьарана дида гьенир хӏухьбахъулел лъималазда гьоркьоса бищунго лъикӏаб гӏадлуги гьабулеб-толелъе тадбирги бугев, диналдаги тӏадчӏарав, спортги бокьулев, чӏахӏиязеги гӏисиназеги кумекалъе вахъинеги хӏадурав, барахщичӏого, жиндихъ бугеб жо цогидазе гӏахьал гьабизеги хӏадурав Исмагӏил Исмагӏилов гӏезавуралъухъ казияталдасан гьесул эбел-инсуе баркала кьеян.\nИсмагӏил ккола Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъа, гӏумру гьабун гьев вуго Ленинкент поселокалда. Гьениб ункъил-щуйил къиматазда гьес лъугӏана кӏиабилеб класс. Васасе бищун рокьула математика, ингилис мацӏ предметал ва грэпплинг абулеб спортивияб гугари. Исмагӏилил эбел Заира хӏалтӏулей йиго беразул больницаялда медсестралъун, эмен вуго краскаби ричулеб бизнесалда. Гьеб гӏадлияб хъизамалда гӏолел руго нилъер бахӏарчиясул гьитӏинав вац Садамги яц Саймаги.\nИсмагӏил ккола социалиял гьиназда саламатго машгьурав вас. Эбел-эменгун цадахъ гьев ахӏун вукӏана Уфаялда букӏараб гурхӏел-рахӏмуялъул тадбирал тӏоритӏулел машгьурал меценатазул данделъиялде. Гьелъие ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Исмагӏилица гьадин бицана:\n«Цо нухалъ эменгун цадахъ рузманалде унаго, цере квералги ккун, мажгиталда аскӏор гьардухъаби рихьидал, дир черхалъул хӏал хисана. Дадаца абуна гьел ругила мискинаб, язихъаб гӏумру-магӏишаталда ругел, чияр цӏобалде ккарал чагӏиян. Гьезда дир цӏакъ ракӏ бухӏана. Ургъана, киндай гьединал чагӏазе кумек гьабилаян. Гьеб ургъел дица дандбана дир дахӏабаба Зумрудилгун. Гьелъ дие босана гӏарац жанибе балеб гъутухъ (копилка) ва дица байбихьана щвара-щвараб гӏарац гьенибе бакӏаризе. Кӏиго соналда жаниб гъутухъалъуб гӏун батана 25 азарго гъурущ. Бокьун букӏана гьеб гӏарац мажгиталъе кьезе. Дадаца кьураб гӏакълуги гӏадахъ босун, дица гьеб кьуна «Инсан» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалде ва гьезда гьарана гьеб гӏарац язихъал лъималазе кьеян», — ян.\nМискинзабазе кумекалъеян, Исмагӏилица гьабураб гьеб гурхӏел-рахӏмуялъулаб ишалъул хӏакъалъулъ хабар тӏибитӏана социалиял мухъазда. Гьеб лъайдал, гьев ахӏана Уфаялда тӏобитӏараб данделъиялде. Гьенив «Большой поступок маленького человека» абун, цевеги вахъинавун, Исмагӏил веццана ва гьесие кьуна «Россиялъул бищун гьитӏинав меценат» абураб хӏурматияб цӏар, гьединго «Нилъер заманаялъул бахӏарчи» абун тӏад хъвараб диплом ва сайгъатазул пакет.\nГьитӏинав меценатасул ният буго хадубккунги ресукъал чагӏазе бажарараб кумек гьабизе.\n«Нилъер заманаялъул бахӏарчиясул» къойил низам буго гьадинаб: рогьалил как, зарядка, рокъоре кьурал дарсал такрар гьари, школа, эркенаб заманалда велосипедалда тира-свери, спорт… Исмагӏилил анищ буго Хӏабиб Нурмухӏамадовасда релълъарав вукӏине. Гьесул эбел-инсуца лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго Исмагӏилил ракӏбацӏцӏалъи ва намус-яхӏ букӏин, гьез жигар бахъулеб буго жидерго лъималаз гьарулел лъикӏал ишазе кумек гьабизе. Гьезда бичӏчӏулеб буго жидер васас гьабураб рахӏмуялъулаб иш цоги лъималазе лъикӏаб мисаллъун букӏунеблъи.\nИсмагӏилил ният буго хадубккун мажгиталда тӏоритӏулел гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиразда бажарараб кумек гьабизе. Гьелда хурхун, жиндирго рухӏияб рахъ цебетӏезабиялъул мурадалда гьев ругьунлъулев вуго Къуръан цӏализе, гъираялда, гьоркьоб биччачӏого, жиндир гӏужалда бала как.\nГьесул анищ буго мажгитал ва язихъазе рукъзал разе минаби ралев чилъун вахъине.\nСоциалиял гьиназда гӏемерал чагӏаз лъикӏаб къимат кьолеб буго васасул ишалъе. Масала, Резеда Гӏазизова абулей гӏаданалъ хъвалеб буго: «МашаАллагь, гьайбатаб лъимер, лъикӏаб тарбия. Аллагьас кӏиябго дунялалда талихӏги рохелги кьеги нужее».\nГьединго Мадина Хӏурматулина абулелъ хъвалеб буго: «МашаАллагь. Ракӏ бохула исламалъул нух ккурал гьединал лъимал рихьидал. Биччанте Аллагьас гьев битӏараб нухде вачине ва лъикӏал ишазе гьесие квербакъизе.\nНури Нуриев"}
{"slug": "19737-magiarulazul-kiiabilev-kamalil-bashir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19737-magiarulazul-kiiabilev-kamalil-bashir", "title": "Магӏарулазул кӏиабилев «Камалил Башир»", "date": "2022-08-26 08:59:05", "categories": ["gara"], "text": "Исана 75 сон бала магӏарулазул машгьурав актер ва режиссер, ДРялъул халкъияв артист Салихӏ Имангъолов гьавуралдаса. Гьединго, исана 10 сон балеб буго гьев къадаралде щваралдаса. Хеккого гӏумрудул кунги тӏун, нилъедаса ватӏалъаниги, театр бокьулел магӏарулазул рекӏелъ гьев кӏиабилев Камалил Баширлъунги цояздаса цоял лъикӏал спектаклял лъурав режиссер хӏисабалдаги ракӏалда хутӏана. Жакъаги уна Авар театралда гӏемерал Имангъоловасул спектаклял. Цере гьес лъун рукӏарал, халкъалъе рокьулел рукӏарал спектаклялги лъолел руго цӏи гьарун. Масала: «Москваялдаса бахӏарав», «Ясазул дада», «Берцинал ясал хъамулеб куц», «Я къвал бала, я къоно чӏвала», «Мун дир эбел йиго» ва гь. ц.\nНижер пикру ккана Салихӏ Имангъоловасда цадахъ хӏалтӏарал, гьев лъикӏ лъалел гӏадамазул цо-цо ракӏалдещвеял газеталда кьезе. Жакъа кьолеб буго Салихӏил курсцояв, пишацояв, божарав гьудул Хӏусен Казиевасулгун гьабураб гара-чӏвари.\n— Хӏусен, кида ккараб дур Салихӏилгун лъай-хъвай?\n— Гуржиязул театралияб институталде лъугьунеб мехалъ гьесул 17 сонцин букӏинчӏо, дир букӏана 18 сон. Гьенире лъугьунаго кканаха нижер лъай-хъвайги. Дагъистаналдаса жидерго доре цӏализе рачине васал-ясал тӏасарищизе рачӏараб комиссиялъ, Салихӏ, гьитӏинав вугинги абун, вачунев вукӏинчӏо. Гьеб мехалъ, гьесул рахъги ккун кӏалъана гьесул ункъгӏал Гӏайшат Маммаева ва гьелъул рос Мухӏамад Батиров.\nНижеда гъорлъ гьев вукӏана бищунго гӏолохъанав. Амма, киназдасаго гьитӏинав вугониги, сундуего бергьараб махщел-гьунар бугев вас ватана. Нижеде данде ккунги, гьев кидаго киназдаго вихьулаан. Салихӏ вукӏана кутакалда гьайбатав, киназулго рекӏелъе бортулеб тӏабигӏаталъул гӏолохъанчи. Тӏоцебесеб курсалда ниж цӏалулаго, нужер гьанив цо гьитӏинав, цӏакъ берцинав вас вугин рагӏанин, гьев вихьизе бокьун бугилан аудиториялде раккун рачӏунаан чӏахӏиял курсаздаса ясал. Гьев живго вукӏана нечон хварав чи.\nТӏоцебесеб къоялдаса нахъе ккана нижер гьудуллъи. Ниж кидаго цадахъ тира-сверулел, цогидал миллатазул спектаклязде хьвадулел рукӏунаан. Цоцазул ургъел-къварилъи цоцазе гьурщулаан, хӏатта рокъоса рачӏарал кагъталгицин цоцазе цӏалулаан.\nОбщежитиялда эркенаб заманалда, батӏияб рокъовеги ун, кидаго жиндаго тӏад хӏалтӏулев вукӏунаан гьев. Махщел-гьунар тӏалаб гьабизе гьесул бугеб шавкъ халлъана мугӏалимзабаздаги.\nСанайил, батӏи-батӏиял шагьаразде, пачалихъазде унаан институталдаса делегация. Ректорасги проректорасги нижеда гъорлъа, бищунго мустахӏикъав вугинги абун, Салихӏ вищана Чехословакиялде витӏизе.\nИнститут лъугӏун хадубги, гьесул рес букӏана Типлисалъул музыкалияб комедиялъул театралде хӏалтӏун чӏезе. Амма, магӏарул театралде тӏадвуссине кколин живинги абун, инкар гьабуна гьенив чӏезе. Гьенирги нижехъ-гӏолохъанал артистазухъ балагьун чӏун рукӏана. Салихӏица аслияб роль хӏазе лъезе росун рукӏана «Тӏагьир ва Зугьра», «Камалил Башир» спектаклял.\n— Бицуна, Камалил Баширил роль хӏан хадуб, магӏарул халкъалда гьоркьоб машгьурлъанин Салихӏил цӏар…\n— Салихӏ магӏарул халкъалъе вачӏинахъего вокьана. Гьесда абулаан руччабазе вокьулев артистилан. Тӏатӏала, 10-12 нухалъ, кьабун цӏурал залазда цере рихьизаруна гьел спектаклял. Магӏарухъе гастроляз араб мехалъ, гьев вихьизе, гьесда кӏалъазе къватӏире рахъун чӏун ратулаан лъималазулги руччабазулги тӏелал. Битӏахъе, рокьумахх гӏадав, жиндирго берцинаб тӏабигӏаталъ киназулго рекӏелъ восулев чи вукӏана Салихӏ.\n«Камалил Баширалда» хӏалаан Салихӏица Баширил, дица — гьесде данде чӏарав Чангъиласул ролал. Дир герой — Чангъиласул чӏужуялъул гьесухъ рокьи ккун бугин абун, мацӏалги гьарун, чӏваларищха ахиралда Башир. Унго-унголъунги гьеб гьедин бугеб гӏадин, гьев чӏвазе «квербакъи гьабунилан» гӏадамазул дида цӏакъ ццин-кӏвар букӏунаан. Цо нухалъ, гьеб спектакль хӏалаго, антракталъул заманалда хъалиян цӏазе къватӏирехун щвана. Ниж кӏиялго хабар-кӏалалда рихьараб мехалъ, цо-кӏигояз абуна, балагьейила, дол цоцазда кӏалъалел ругилан. Цере цӏакъ божулаан гӏадамал сценаялда лъугьа-бахъунеб жоялда.\nГӏемер ракӏалде щола цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Цо пуланаб росулъе ун рукӏана ниж гьеб спектакль хӏазе. Гьенисан нижго рега-рахъун рукӏунеб общежитиялде унаго, къаси кватӏараб мехалъ нижеде данде ячӏана, чемодан-къайиги босун, цо-кӏиго яс. Нуж кире унел чагӏийилан гьикъидал, гьез жаваб гьабуна Салихӏ Имангъоловасда хадур рилълъарал чагӏи ругин. Спектаклялдасан гьезул рокьи ккараб къагӏидаха гьесухъ. Гьединаб жо бегьуларин, гьев жакъа гьанив, метер дова вукӏунев артист вугилан, тӏадруссинаруна нижеца гьел ясал.\n— Халкъалъе гьедин вокьулев вукӏараб мехалъ, щайдай Салихӏ, актерлъиги тун, режиссерлъиялде варав?\n— Гьесие бокьана жинцаго спектаклял лъезе ва гьев Москваялде режиссерлъиялъул курсазде ГИТИСалде цӏализе ана. Лъагӏалица гьенивги цӏалун вачӏиндал, гьес байбихьана гьитӏинал комедияздасан.\nСалихӏица лъечӏо кӏудиял трагедиял, драмаби. Гьес лъолаан комедиял. Комедиялги рукӏуна гӏумруялдаса ратӏа рахъизе лъаларел. Гьел лъолеб мехалъ, гьесул аслияб мурад букӏунароан гӏадамал релъизари. Гьитӏинаб лъугьа-бахъин кӏудияб проблемаялдеги сверизабун, гъварилъудеги лъугьун, кӏвар бугеб, унтараб суалалъе жаваб балагьулаан.\nЦониги спектакль лъолеб мехалъ, гьениб захӏматаб ялъуни магӏнаялъул рахъалъ мукъсанаб бакӏ батани, гьес, тӏад хӏалтӏун, ургъун, гьелъул саламатаб жо лъугьинабулаан. Гьес абулаан, гьаб пуланаб бакӏалда релъизе, гьаб бакӏалда гӏодизе кколин гӏадамалин. Масала, «Я къвал бала, я къоно чӏвала» абураб спектакль буго комедия. Амма дора гӏадамал гӏодула. Гьесул комедиял рукӏунаан трагедиялъул, драмаялъул гӏаламаталги асарги гъорлъ бугел. Масала: «Булбулалъул кечӏ», «Якьад рихаразул росу» «Мун дир эбел йиго», «Бабал васищ, лъадул росищ» ва гь.ц. Сценаялда бихьизабулеб щибаб ишалъул гьесда ракӏалде ккараб хӏасилги букӏунаан.\nГьес лъурал бищун машгьурал спектаклязул цояб букӏана «Берцинал ясал хъамулеб куц». Гьеб халкъалъ цӏакъго лъикӏ къабул гьабуна. Цо нухалъ, Буйнакский къотӏносан унел нижеда цо-кӏигояв дагӏбадулел рихьана. Цо заманалдасан, нижеде аскӏореги рачӏун, абуна «Берцинал ясал хъамулеб куц» спектаклялдаса чӏужу борхьида релълъинаюлеб сцена бихьизабуни, жидеца нуж рестораналде рачинилан. Болкъотӏнорги рукӏун дицаги Салихӏицаги бихьизабунаха гьеб сцена. Артистазда цадахъ гӏодор чӏезе щвей гьезие кӏудияб къо-асс букӏинарищха.\n— Цогидал режиссераздаса батӏиял кинал хасиятал, методал рукӏарал гьесул?\n— Салихӏица абулаан, сценаялда артист халкъалъул рекӏелъ восулевлъун вукӏине кколин. Кигӏан квешав героясул роль хӏалеб бугониги, гьесул лъикӏал рахъалги ралагьизе кколин абулаан гьес. Гьеб дида цоги режиссераз абулеб рагӏичӏо. Тӏубанго чӏегӏерав чи хӏагеян абулаан дос.\nТеатралде хӏалтӏизе вачӏараб мехалъ, тӏоцебесеб заманалда дихъе квешаб гӏамал-хасияталъул ролал гурого кьолел рукӏинчӏо. Хадуб, Салихӏица спектаклял лъезе байбихьараб мехалъ, гьес гьениве вачана дун хӏазе ва лъикӏа-лъикӏаб гӏамал-хасияталъул героязул ролалги кьуна. Гьеб мехалъ, дагь-дагьккун магӏарул халкъалда гьоркьов машгьурлъанин абизе бегьула дунги. Палхӏасил, Салихӏица дун гӏадамазе вокьизавуна.\n— Актерлъун хутӏун вукӏаравани, гьев дагьавги машгьурлъилааниланищ дуца толеб ялъуни режиссерасул нух тӏасабищи битӏараб ишлъунищ рикӏкӏунеб?\n— Лъикӏав актерасул квешав режиссер вахъинеги бегьула. Гьесул цохӏо роль хӏазе гуребги, кьурдизеги, кечӏ ахӏизеги, кинаб букӏаниги хабар бицинеги махщел букӏана. Актерлъун вугеб мехалъги, режиссераз гьесда щибниги малъулароан: жинцаго ургъулаан гӏодов чӏезе, тӏаде вахъине бакӏги, гьабизе хӏалтӏиги. Гьеб мехалъго киназдаго бичӏчӏана гьесул лъикӏав режиссер вахъунеблъиги.\nДир пикруялда, гьес режиссерасул нух тӏасабищи цӏакъ битӏараб иш гьабуна. Гьеб гьес лъурал спектаклязги бицуна.\nСалихӏ хун сонал аниги, жакъа къоялдаги гӏемерал гьесул спектаклял жеги-жеги рихьизарула Авар театралъул сценаялдасан. Гьел киналго халкъалъе жакъа къоялдаги цӏакъ рокьула ва абизе кӏола аслияб къагӏидаялъ Салихӏил спектакляз хьихьун бугин Авар театрилан. Бищун захӏматал, СССР биххулеб заманалда, гьеб мехалъги Салихӏил спектакляз ккун букӏана театр.\n— Гӏадан хӏисабалда, кинав чи вукӏарав Салихӏ?\n— Дида Салихӏидасан цониги тӏекъаб рагӏи абулев чи театралдаги къватӏивги дандчӏвачӏо. Салихӏ вукӏана сундулъго кутакалда гӏаданлъи бугев чи.\nЦӏакъ ракӏбацӏцӏадаб, хӏеренаб гӏамал-хасияталъул инсан вукӏана. Нилъерго вац-васлъун вукӏине вокьилев гӏадав чи вукӏана мунагьал чурад.\nАхирисеб къоялъ кӏалъан вачӏана гьев дихъе, жив гӏагарав чагӏазул берталъе цо-кӏиго кечӏ ахӏизе щун вугилан. Нахъисеб къоялъ ниж дандчӏвазе кколаан. Амма дихъе хабар щвана гьенив берталъ гьев къадаралде щванилан.\nГьесул спектаклял хӏалеб мехалъги гьадингоги рекӏелъ кӏудияб рокьигун ракӏалде щвезавула нижеца Салихӏ.\nГара-чӏвари гьабуна Мухӏамад Манаповас."}
{"slug": "19827-l-ayal-ul-k-ebel-ukh-k-al-un-bugo-nur", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19827-l-ayal-ul-k-ebel-ukh-k-al-un-bugo-nur", "title": "Лъаялъул къебелъухъ къалъун буго нур", "date": "2022-09-01 15:12:38", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Кӏиго миллиард гъурщил къуват, цӏиял ясли-ахал ва школалъул минабахъ рещтӏараб цӏилъи\nХириял «Хӏакъикъат» газеталъул гӏисинал гьудулзаби, васалги ясалги. Гьале ахиралде щвана нужер каникулал, къо-лъикӏ гьабизе хӏадурлъулеб буго рииги. Тӏаде щвана цӏияб цӏалул сон. Тӏоцебесб сентябралъ нужее нуцӏби рагьана гӏагараб школалъ. Чангиял ана гьанжего гьанже бан бахъараб цӏияб школалде, гьединго цӏигьарун къачӏалел руго цере рукӏаралги. Рииялда жаниб гьеб рахъалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабизе квербакъанин жидецаян лъазабуна хӏукуматалъги. Рана чанги цӏиял школал, гӏемерисел басралъун рукӏарал школазда гьабуна капиталияб ремонт. 21 цӏияб школалъ рагьана жиндирго нуцӏа 1 сентябралда. Жакъа нижеда ракӏалде ккана гьеб киналъулго хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицине.\nЛъабго мухъалде щвечӏо капремонталъул гъурщал\nЦӏияб цӏалул соналде капиталияб ремонт гьабун къачӏана 191 школа (210 мина). Гьелъие хӏукуматалъ биччан буго кӏиго миллиард гъурущ. Исана гурони гьедигӏан гӏемераб гӏарацги, кӏудияб даражаялда къачӏалел школалги дида лъай бижаралдаса нахъе рукӏинчӏо. Киса-кибего бицунеб буго гьелъул. Школазда капиталияб ремонт гьабиялъул хӏалтӏи кин унебали гьарулел руго халгьабиял, зама-заманалдаса гьеб суал гьоркьоб лъун, хӏукуматалда тӏоритӏарал данделъабазул бицинего бицинарин.\nТӏоцебесеб сентябралда разиго лъимал къабул гьаруледухъ, кӏуни гӏадин къачӏан чӏезарун ругин школал абун бицана «Хӏакъикъаталъе» ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялда капиталияб ремонталъул суалазул рахъалъ хас гьабун рагьараб управлениялъул нухмалъулей Сурайгьат Хӏайдарбековалъ.\n— Исана гьеб программаялде гъорлъе журана цохӏо шагьаралъул гурелги мугӏрузул районазда ругел школалги. Цӏакъ кӏудияб хӏасил ккана 2022 соналъул тӏоцебесеб сентябралде капиталияб ремонталъул программаялда рекъон гьабураб хӏалтӏул. Гӏаммаб къагӏидаялъ бицани, исана капиталияб ремонт гьабуна шагьаралда ругел школазул 24 проценталъе ва росулъ ругезул 86 проценталъе.\nАмма кигӏан гӏемераб хӏалтӏи гьабуниги, жеги гьабизе бугеб гӏемер буго. Исана гӏадин кӏудияб даражаялда цӏалул минабахъ капиталияб ремонт жеги гьабун букӏинчӏо нилъер республикаялда. Гьединлъидал цӏакъ гӏемерал школал руго басралъун, чӏунтун, хӏатта цо-цоял риххун иналде ккун. Гӏемерисел гьединал школазул минаби руго магӏарухъ. 50-60-70-абилел соназдаго рарал гьезул чангоял руго гьанже заманалъул шартӏазда данде кколарел. Гьединлъидал гьезие цӏакъго хӏажат буго жакъа капиталияб ремонт. Бичас биччани, 2023 соналде жеги 201 школа къачӏазе хӏисабалде босун буго. Гьединго гьанжеялдаго нижеца къабул гьарулел руго, 2024-25-абилел соназде школал капиталияб ремонт гьабун къачӏазе ккеялда тӏасан цо-цо муниципалитетаз ритӏун рачӏарал гӏарзаби, — ян бицана Сурайгьат Хӏайдарбековалъ.\n— Исана гьеб программаялде гъорлъе журана цохӏо шагьаралъул гурелги мугӏрузул районазда ругел школалги. Цӏакъ кӏудияб хӏасил ккана 2022 соналъул тӏоцебесеб сентябралде капиталияб ремонталъул программаялда рекъон гьабураб хӏалтӏул. Гӏаммаб къагӏидаялъ бицани, исана капиталияб ремонт гьабуна шагьаралда ругел школазул 24 проценталъе ва росулъ ругезул 86 проценталъе.\nАмма кигӏан гӏемераб хӏалтӏи гьабуниги, жеги гьабизе бугеб гӏемер буго. Исана гӏадин кӏудияб даражаялда цӏалул минабахъ капиталияб ремонт жеги гьабун букӏинчӏо нилъер республикаялда. Гьединлъидал цӏакъ гӏемерал школал руго басралъун, чӏунтун, хӏатта цо-цоял риххун иналде ккун. Гӏемерисел гьединал школазул минаби руго магӏарухъ. 50-60-70-абилел соназдаго рарал гьезул чангоял руго гьанже заманалъул шартӏазда данде кколарел. Гьединлъидал гьезие цӏакъго хӏажат буго жакъа капиталияб ремонт. Бичас биччани, 2023 соналде жеги 201 школа къачӏазе хӏисабалде босун буго. Гьединго гьанжеялдаго нижеца къабул гьарулел руго, 2024-25-абилел соназде школал капиталияб ремонт гьабун къачӏазе ккеялда тӏасан цо-цо муниципалитетаз ритӏун рачӏарал гӏарзаби, — ян бицана Сурайгьат Хӏайдрабековалъ.\nЦо-цоязе бадирчӏваял щваниги…\nМисалалъе, Махӏачхъалаялда исана капиталияб ремонт гьабун къачӏалеб букӏана 21 школа. Амма гьезул цо-цоязда гьабулеб хӏалтӏи тӏаса-масаго унеб букӏиналъ, республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдасан бадирчӏваял щвана гьел школазул нухмалъулезе. Гӏадилалъул тӏил Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевасдаги щвана. Амма цохӏо Махӏачхъалаялда гьабизе кколеб хӏалтӏиги гӏемераб букӏун, жалго школалги чӏахӏиял рукӏиналъ ккана гьел гӏунгутӏаби. Жакъаги жеги рагӏалде рахъун гьечӏо тахшагьаралъул №№ 39, 6 ва 28 гимназиялда гьарулел хӏалтӏаби. Амма сундухъго балагьичӏого, тӏоцебесеб сентябралда шагьаралъул киналго школазго гӏадин, гьезги лъимал къабул гьаризе руго. Ва кӏиго анкьил болжалалда жаниб лъугӏизаризе ракӏалда буго тӏаде росарал хӏалтӏаби.\nТӏадехун абухъе, цохӏо лъабго районалда хутӏун, капиталияб ремонт гьабуна мугӏрузул районазда ругел гӏемерисел школазеги. Мисалалъе, Шамил районалда федералияб программаялда рекъон, къачӏана анкьго школа. Жакъа къоялде цохӏо Гьоор росулъ хутӏун, киналго цӏалул минабахъ хӏалтӏи лъугӏунги буго. Подрядчикасул тӏаса-масагояб бербалагьиялъ хутӏун буго Гьоор росулъ хӏалтӏи хадуб бехъерхъун.\nГьоориб капремонт рекъдилеб хутӏаниги, цогидазул хӏаракат гӏадада ккечӏо\nЦӏакъ кӏудияб кумек кканин капиталияб ремонталъул федералияб программаялде гьоркьобе районалъул анкьго школа ккеялдасайилан разиго буго Шамил районалъул нухмалъи. Хасго гӏисинал, дагьал цӏалдохъаби гурони гьечӏел байбихьул школазе лъикӏаб кверчӏвай щвана гьениб исана. Къадаздаса байбихьун, тӏохал хисун, жанисан школалъул минаялъе капиталияб ремонт гьабун цӏилъана Хьонохъ, Хӏорода, Геницӏороб ва Лъезда росабазул байбихьул школал.\nГьеб программаялда гъорлъ гӏахьаллъана лъабго гьоркьохъеб школаги. Хӏотода росдал школалда цӏигьабуна школалъул мина, хисана нуцӏби, гордал. Цо миллионгун 572 азарго гъурущ биччан букӏана гьеб школа къачӏаялъе. Гьединго исана цӏилъун бачӏана Мачӏада росдал гьоркьохъеб школаги. 10 миллионгун 361 азарго гъурущги харж гьабун, школалда хисана нуцӏби, берцин гьаруна къадал, хисана чӏабар, мокърукь бакӏал хинлъи кколедухъ щула гьаруна, хисана токалъул кварал, чӏезабуна хинлъи. Киналго хӏалтӏабиги лъугӏун, цӏияб цӏалул соналде школа хӏадурго бугин баян кьуна газеталъе Мачӏада росдал школалъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас.\nАмма гӏицӏго капиталияб ремонталда къокълъичӏо исана цӏияб цӏалул соналде гьабулеб хӏалтӏи. 17 ясли-ахги ункъо цӏияб школаги рагьана 1 сентябралда республикаялъул батӏи-батӏиял районазда. Казбек районалъул Буртунай росулъа бахъараб, Хайдакъ ва Табасаран районазде гӏунтӏун, гьелъул география кӏудияб буго. Гъоркьиса букӏараб тарихалде дандеккун, анлъго цӏияб бакӏ тӏаде бана исана.\nГьедин дандчӏвай гьабуна республикаялъ цӏияб цӏалул соналде. Тӏоцебесеб сентябралъ цӏакъ аваданго букӏана шагьаразул къватӏахъ. Кодор кьер-кьерал шаралгун, чӏухӏараб, берцинаб ретӏел-хьитгун, къачӏа-кӏатӏан, мугъалда портфельги бан, радалго школазул азбаразде къокъунел лъималаз берцин гьабун букӏана республикаго. Исана тӏоцебесеб классалде бачана 55 азарго лъимер. Гӏаммаб къагӏидаялъ абуни, школаз къабул гьавуна 453 азарго гӏолилав. Гьезда бахиллъула дун жакъа. Щайин абуни, лъикӏал, аваданал сонал руго гьел. Лъай босулеб, гӏумру лъазабулеб ригь. Мугӏалимасул къиматал дарсал, дарсиде мун ахӏулеб цӏурмил гьаракь. Пушкинил, Лермонтовасул хӏикматаб дунял, Архимедил гӏелмуялъул ицц. Сундулго авал – школа. Гьелъул къадаз бахчун буго гӏемераб балъголъи.\nХӏакъикъаталдаги талихӏаб гӏуж буго школалде хьвадулеб заман. Гьениса инчӏого гьелъул магӏна бичӏчӏизеги бичӏчӏуларо. Гьединлъидал, къимат гьабе.\nБаракатаб батаги цӏияб цӏалул сон! Икъбал битӏаги ва щуйилал гӏемерлъаги!\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "19837-burtunayalda-tsiiyab-yasli", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19837-burtunayalda-tsiiyab-yasli", "title": "Буртунаялда — цӏияб ясли", "date": "2022-09-02 07:53:20", "categories": ["obrazovanie"], "text": "1 сентябралда Казбек районалъул Буртунай росулъ рагьана 60 гьитӏичасе бакӏ бугеб цӏияб ясли-ах.\nГьеб рохалилаб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадовасги.\nГьанжелъизегӏан лъикӏаб гьечӏеб минаялъуб хӏебтӏун букӏана буртабазул ясли-ах. Гьединлъидал, цӏиял, гьанжесел шартӏазул ва санагӏалъабазул хӏажатабщинабги жаниб бугеб ясли-ах щвеялдаса цӏакъ разиго руго росдал гӏадамал.\nГьез кӏудияб баркала загьир гьабуна цӏияб яслиялъул мина базе квербакъаразе.\nМ. Манапов"}
{"slug": "19838-shagranukhazgi-garuleb-batila-khekhl-iyalda-chiolorkh-zho-bajilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19838-shagranukhazgi-garuleb-batila-khekhl-iyalda-chiolorkh-zho-bajilan", "title": "Шагьранухазги гьарулеб батила хехлъиялда чӏолорхъжо байилан", "date": "2022-09-02 07:55:17", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда лъугьа-бахъунелда хадуб халги ккун, газеталъул иргадулаб номералда нужее щиб лъикӏаб хабардай бицинаян ургъулел рукӏуна ниж. Узухъда, нижее бокьилаан гьел цӏиял харбал ракӏ бохизабулеб тайпаялъул, гӏадан рази гьавулел рукӏине. Амма къваридал харбалги кьезе кколел руго.\n31 августалъул сардилъ цӏакъ квешаб авария ккана Унсоколо районалда — Временный поселокги тун, Шамилхъалаялде унаго гьоркьоб бугеб нухда.\nЦебе унеб машина нахъа тезе къасд гьабулаго, ВАЗ-2110 маркаялъул машина речӏчӏана данде бачӏунелда. Чамалиго секундалда жаниб гьезда речӏчӏана лъабабилебги машина. Хӏасил, анлъго чи къадаралде щвана, лъукъун больницаялде ккана чангояв. Гьел киналго хъамуна Шамилхъалаялъул больницаялде.\n1 сентябралда гьение щвана республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева. Лъукъаразда гьоркьов дагьав захӏматго вукӏарав цо гӏолохъанчи Махӏачхъалаялде вачине хӏукму ккана, министрги гӏахьаллъун гьабураб тохтурзабазул данделъиялдаса хадуб. Гьединабго захӏматаб хӏалалда вугев жеги кӏигоявин абуни вачине рес ккечӏо, гьел доре-гьанире рачине бегьулеб хӏалалда гьечӏо жеги, тохтурзабазул пикруялда рекъон.\nДТПял дагьлъулел гьечӏо. Газеталъул игадулаб номералда нижеца хъван букӏана кӏиго анкьалъ цебе гӏадин Кочубеялда аскӏоб, кватӏараб сардил гӏужалда, ккараб ракӏгъанцӏизабулеб авариялъул хӏакъалъулъ. Дахадаев районалъул Уркарах росулъа цо гӏагарлъиялъул 13 чи тӏад рекӏараб микроавтобус дандречӏчӏана КамАЗгун. Анкьго чи гьеб бакӏалдаго хвана, радалиде больницаялде щварайго хвана захӏматго йикӏарай цоги чӏужугӏаданги. Гьел киналго унел рукӏана Ставрополалде, гӏагарал чагӏазул берталъе. Балагьараб мехалъ, машина бачунев вукӏарав чиги кьижун ккун, речӏчӏун бугин машина данде бачӏунеб букӏараб КамАЗгунин хӏукму къотӏун буго гьеб бакӏалде тӏаде ккараз. Гьеб букӏана сагӏат лъабгоялде хӏалтӏараб гӏуж, радакьлъулеб мех.\nЩай республикаялда къо бахъанагӏан гӏемерлъулел ругел талихӏкъосарал ДТПял? Иргадулаб авариялдаса хадуб гьеб суал кьолеб батила щивав чияс жиндиего. Гьеб суал кьола нижецаги цоцазе. Гьелъие жаваб балагьун ине бегьилаан республикаялъул ГИБДДялъул нухмалъиялъухъеги. Амма гьел жалгоги малъкъосун ругин ккола лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьун.\nГьедин букӏин нилъее якъинлъана ДРялъул ГИБДДялъул нухмалъулев Александр Шалагин гьабсагӏат нухазда бугеб хӏинкъараб хӏалалъул бицине республикаялъул муфти Ахӏмад-хӏажида аскӏове ун хадуб.\nГьорол хехлъиялда машина хъамулел гӏолилаз нухазда гӏадлу хвезабун, холел гӏадамазул къадарги цӏакъго цӏикӏкӏун, талихӏкъосараб хӏал бугин гьабсагӏат шагьранухаздаян ургъел бикьана А. Шалагиница муфтиясдехун. Гьел дагьал гӏодоре руссунарищали бихьизе, мажгитахъ гьарулел вагӏзаби цӏикӏкӏинаризе рес гьечӏищиланги гьарана гьес.\nХӏакъикъаталда, цӏакъ ургъел бакӏаб хӏалалда бугин нухазда ишилан разилъана муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевги ва рагӏи кьуна мажгитахъ вагӏзаби цӏикӏкӏинаризе.\nГьарулел руго вагӏзабиги, амма ракӏбиччан гьелъухъ гӏинтӏамулел ругищ гӏолилалин абуни… Рузманкъоялъ мажгиталда жаниб букӏунеб сурат нужедаго бихьулеб батила. Имамас какие салам кьун бахъиналде, секунд-параялда варххан тӏадеги рахъун, къватӏибе гӏедегӏула жамагӏат, гьездаго гьоркьор руго дица бицен гьабулел гӏолилалги. Дица бицунеб буго эбел-инсул тарбияги щвечӏел, ахираталъул пикруги гьечӏел, умумуз абухъе, бухӏа-цӏорой гьечӏеб, ракӏ гванзаб умматалъул. Гьез хъамулел руго жакъа машинабиги, гьез буго жакъа шагьранухазда къиямасеб къо чӏезабунги. Горбода мусруги жемун жалгоги рахъунел руго сапаралъ, жиндирго нухги цӏунун, сабурго данде вачӏунев чиясул рокъобеги бачунеб буго балагь.\nГьединаб хӏакъикъат буго жакъа нилъеда сверухъ. Ричун росарал правабазги, эхебе унеб жоялъул гурони пикру гьечӏел гӏоркьилалги сабаблъун нухазда жаназабазул гохӏ гӏолеб буго. Аллагьасда кӏодого рагӏугеги, къо лъугӏарав чи гурони, Лъос жиндихъего ахӏун инаро, амма жакъа сапаралъ къватӏиве вахъунев чи нахъвуссун гӏага-божаразухъе вуссине хъван бугодай абураб пикруги гьабун, Аллагьасде щукруги тӏамун чӏолев ватулевлъи рулалда нахъа, хӏакъаб буго.\nКантӏиги къуватги кьеги щивав чиясе, шагьранухазда парахалъиги рещтӏаги. Бокьилаан нухазда кколел авариязул къадарги жакъа къватӏибе кьураб хабаралдалъун къокълъизе. Аллагьас лъикӏаб хъван батаги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "19839-k-varil-iyalde-kkaraze-gabuleb-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19839-k-varil-iyalde-kkaraze-gabuleb-kumek", "title": "Къварилъиялде ккаразе гьабулеб кумек", "date": "2022-09-02 07:58:37", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъи гьабулаго, чанги гӏолохъанчи хвана. Гьезул гӏемерисезул нахъе хутӏана хъизан-лъимал ва гӏага-божарал. Гьединал хъизамазе рахӏму-цӏобалъулаб кумек гьабулеб хасаб фонд рагьана исана апрелалда республикаялда. Гьанжелъагӏан гьеб фондалъ нахъа чи гьечӏого хутӏарал хъизамазе бакӏарун буго миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ.\n— Фондалде кумек гьарун бачӏараб цониги хъизам нижеца нахъчӏвачӏо. Аслияб къагӏидаялъ гьез бухьен гьабула щибаб муниципалитеталда бугеб, социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул хъулухъалдасан. Амма чанги чагӏи ратула гьадинаб фонд бугилан рагӏичӏелги. Гьединазул рокъо-рокъоре хьвадун, фондалъ гьабулеб кумекалда гъорлъ гьел гӏахьаллъизе рукӏинелъун квербакъана тӏадехун бицен гьабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз.\nЖибго фондалда гӏарцул рахъалъ щибниги къварилъи гьечӏо. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас цӏакъ гӏемераб гӏарац бачӏана гьенибе битӏун. Гьединго нахъекъан чӏечӏо хӏукуматалъул, министерствабазул хӏалтӏухъаби ва Халкъияб Собраниялъул депутатал. Гьезги саламатаб гӏарцул къадар рехана фондалъул счеталде, — ян бицана «Все Вместе» фондалъул нухмалъулев Селимхан Мирзехановас.\nГьединаб хӏалтӏи унеб буго гьабсагӏат республикаялда, Украинаялда къадаралде щварал рагъухъабазул хъизан-лъималазе гьабулеб кумекалъул рахъалъ. Исана гьединал хъизамаздаса цо-цо чагӏи чӏорого хӏежалде ритӏизе кумек гьабуна сенатор Сулейман Керимовасги.\nМаликат Рамазанова, ДГУялъул ОЖялъул 4-б курсалъул студент"}
{"slug": "19847-talikhi-bilaraze-rokhel-koleb-raki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19847-talikhi-bilaraze-rokhel-koleb-raki", "title": "Талихӏ биларазе рохел кьолеб ракӏ", "date": "2022-09-02 08:46:59", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Раисат Гӏусмановалъ нухмалъи гьабулеб «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялъ гьал къоязда гьоболлъухъ ахӏун рукӏана исана школалде, тӏоцебесеб классалде рачине ругел лъимал. Гьезда гьоркьор рукӏана Украинаялда Россиялъ тӏобитӏулеб хасаб операциялда, Сириялда, яги нагагьаб балагьалдалъун, унтун ва цогидал гӏиллабаздалъун умумул хварал лъимал.\nТадбир гӏуцӏун букӏана Махӏачхъалаялда, «Дербент» рестораналда. Гьелъул азбаралда Раисат Гӏусмановалъ жинцаго дандчӏвай гьабуна лъималазда ва гьезул улбузда. Цо-цо лъимал рачӏун рукӏана цадахъ дахӏабаба, дахӏададагун. Байрам байбихьана лъималазул хӏаяздасан, бицанкӏаби чӏваяздасан, гьединго лъимал ургъизе тӏамулел суалаздасан.\nГьеб лахӏзаталъ дица пикру гьабулеб букӏана къисматалъул кьогӏлъи жеги бичӏчӏуларел лъималазул гьурмазда бугеб гьимиялъул. Гьеб лъималазе къойилго сайгъат гьабулей йигей Р. Гӏусмановалъул рекӏел кӏутӏиги, гьединабго талихӏаб гурони, кинабха букӏинеб.\nЖиндир гьеб талихӏалъулъ жидергоги бутӏа лъурал руччабазулги нижерги (дида цадахъ йикӏана «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиноваги) лъай-хъвайги гьабуна Раисатица.\nЖакъа лъималазда цебе бугебщинаб нигӏмат гьаб столалде бачӏиналъе квербакъарал руччаби ккола Зуляги, Джамиляги, Аминатги, рестораналъул администрацияги, гьединго лъималазе мороженоялъул ящикалги росун рачӏарал гӏолилалги, аниматорги. Гьеб къо лъималазе букӏана талихӏал къоязул цояблъун. Щвана гьезие сайгъатал — тӏоцебесеб классалъе къваригӏунеб школалъул къайи-къоно.\nГьел сахаватал руччабазулгун гара-чӏвариги гьабуна нижеца. Зуля, масала, щолей йиго онкологиялъ ва туберкулезалъ унтарал лъимал ругел больницабазде, лъималазул рокъое. Джамиля кколей йиго Москваялда бугеб кӏазал, квербацӏцӏал гьарулеб фирмаялъул Дагъистаналда йигей вакил. Гьелъ Раисатиеги кьуна Дагъистаналъул хаслъиялъул расен бугеб косынка. Гьелъул нахъисеб рахъалда букӏана миллияб партал ретӏарай гӏолилай, кодоб хъабаги ккун. Гьелъулги магӏна ккола дагь-дагьккун нилъехъе нилъерго гӏадатал тӏадруссунел ругин абураб. Гьединго тӏагӏамал нигӏматаздалъун лъимал рохизарурай Аминатицаги абуна гьеб бугила щивасда тӏадаб иш — бугеб ресалда рекъон, цогидазе рохел бикьи.\n«Гьадинал гӏадамал цадахъ рукӏинчӏелани, дихъаго бажарилароан кинабго гьабун. Сахал гӏадамазул сахаватлъиялъ кӏолеб буго хӏалтӏи цебехун бачинеги. Дун налъулай йиго гьадинал лъикӏал гӏадамазе», — ян абуна гьениб Раисатица.\nГӏумруялъул даимаб ахӏи\nРаисат Гӏусманова. Гьай магӏарулалъул хӏакъалъулъ абизе, бицине, хъвазе дир хулжазухъ ругел лъикӏал рагӏабазул къуватцин гӏезе батиларо. Бахиллъула дун гьелъул рекӏел кӏутӏиялда. Гьеб даим кӏетӏелеб буго къварилъиялда ругел руччабазул ургъел гьабулагоги, эбел-эмен гьечӏого хутӏарал лъималазул тӏалабаздаги. Раисатие цӏакъ бокьуларо жийго еццизеги. Кинха абичӏогоги телеб гьединай лъикӏай чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ мустахӏикъаб рагӏи.\nГьей гӏадал гӏадамазул лъикӏлъиялъ берцин гьабун буго нилъер гӏумру. Раисатица тӏубана Тӏадегӏанасул тӏадкъай. Гьей ракьалде йитӏулелъул, гьелда тӏадкъан букӏун батула бесдалазул тӏалаб-агъаз гьабизе. Раисатил ишаз кунчӏараб цӏва гьабсагӏаталда буго жибго мустахӏикълъараб борхалъиялда. Гьелъул лъикӏал ишазда цадахъго гвангъулеб-гвангъулеб буго гьеб.\nГӏемер щола дун Раисат Мухӏамадовнаялъ тӏоритӏулел тадбиразде. Бищунго рухӏдаллъизе бачӏуна гьелъ лъималазе бицунеб хӏикматго хӏайранаб мацӏалда.\nРаисатил хӏалтӏул цоги къо ана реццалъе мустахӏикъаб хӏалалда. Раисатил рекӏел чӏвабзазул талихӏал бакъназухъе жеги чанги кьурдизе хъван ратаги талихӏ биларал лъималазул къисматал.\nЛъикӏлъиялъул лахӏзатал\nГьал къояз республикаялъул щибаб шагьаралда ва гьединго районазда тӏоритӏулел руго гурхӏел-рахӏмуялъул батӏи-батӏиял акциял. Гьел сайгъат гьарулел руго цӏияб цӏалул соналъе. Мискинал ва эбел-эмен гьечӏого хутӏарал хъизамаздаса лъималазе гьабулеб буго кумек, школалда къваригӏунеб къайиялдалъун.\nДагьай цеегӏан росулъе щварай дида мадугьалалъ, лъабабилеб классалъул цӏалдохъаналъ бицана жий Хунзахъе ахӏун ун йикӏанилан абун. Гьелъие кьун ругоан тетрадал, ручкаби, кьерал ругел къалмал, портфель ва цогидабги.\nГьебги гӏураб кумек гьечӏищ дагьаб гурони харж щоларел хъизамазе. Гьеле гьедин букӏана киса-кибегоги. Махӏачхъалаялъул къватӏазда чанги дандчӏвана гьал къояз «Школалде рачунел лъималазе кумек» абураб акциялъул гӏахьалчагӏи-волонтерал. Гьез бицунеб букӏана акциялъул мурадалъул. Республикаялъул парламенталъул депутат, Махӏачхъалаялъул ГКБялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Маллаевги гӏахьаллъана «Единая Россия» партиялъ тӏобитӏараб гьеб акциялъулъ ва анцӏго лъималазе школалде къваригӏунеб къайи босана.\nГьедин нилъеца куцалел руго хадусел гӏелалги гурхӏел-рахӏмуялдеги, лъикӏлъиялдеги, цогидазул къварилъи бичӏчӏулеллъун, гьеб гӏахьал гьабулеллъун лъугьине.\nШ. Хъазанбиева"}
{"slug": "19848-tsiibil-bakiaruleb-gvaj-gedzhukhal-ul-rakalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19848-tsiibil-bakiaruleb-gvaj-gedzhukhal-ul-rakalda", "title": "Цӏибил бакӏарулеб гвай Геджухалъул ракьалда", "date": "2022-09-02 08:57:31", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Цӏибил бакӏарулеб гваялде тахшагьаралъул хъулухъчагӏи рахъинаруна Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Дербент районалъул ОАО «ДЗИВ-2», ООО «Виноградарь» ва АО «Имени Наримана Алиева» магӏишатазул ракьазда тӏиритӏарал цӏолбол ахазукь радалго рещтӏана кӏинусгоялдасаги цӏикӏкӏун, Дагъистаналъул министерствабазул ва цогидал тӏадегӏанал идарабазул вакилзаби. Гьезул цоцоял рачӏун рукӏана цадахъ жидерго лъималги рачун.\nАхазул хважаинзабаз щивасухъе кьолеб букӏана цӏибил бакӏариялъе хӏажатаб хӏалтӏул алатги. Рахӏатал кабинетазда ругьунал чагӏазе хӏургун бакъ гьарзаяб зодикь хӏалтӏи расги бигьалъунги батиларо. Суратал рахъун, хьим-хьилаго рагӏдукь рахчарулезда бичӏчӏизе гӏураб хӏалалъ Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас мухӏканго бицун букӏана байбихьудаго, рекӏелгъеялъе бухьараб сапар гьеб гуреблъи.\nГӏезегӏанго сонал руго Дербенталъул чогърол заводалъ (ОАО ДЗИВ), Геджухалъул ракьал ижараялъеги росун, гьенир цӏолбол ахал гӏезарулаго. Заводалъул директор, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏдулаевас гьалбадерида бицана жидерго магӏишаталъул гӏуцӏиялъул, бихьизабуна цӏибил бакӏариялъе, гъабу цокӏалго кӏуриялъе босараб багьаяб, Дагъистаналда жеги къанагӏатаб техника. Мисалалъе, цӏибил бакӏарулеб цо комбайналъ хисулев вуго нусго хӏалтӏухъан. Аза-азар гектаралда гӏезарулел цӏолбол ахазул щибаб гъабуялде хӏалтӏухъанасул кверзул мухӏканлъи щоларин, щун хӏалги кӏоларин бицунеб букӏана Сагӏдулаевас.\nЩибдай гьазул бажари букӏинаян халккураб гӏадаб балагьи букӏана гьел магӏишатазда гӏемерсоназулаб захӏмат кьурал хӏалтӏухъабазул. Цо-цояз разилъи загьир гьабулеб букӏана цӏолбол ведраби чӏехьезе рачӏарал нижедаса: «Кигӏан кӏваниги лъикӏаб иш гьабулеб буго нужеца. Байрам гӏадин буго нижее жакъа гьалбал гӏемераб къо. Гьаб къагӏида щибаб соналъ бачӏин бакӏарулелъул гӏадатлъун билълъанхъизабизе лъикӏ букӏинаан», — ин абулеб букӏана гьез.\nОАО «ДЗИВ-2» хӏалтӏухъабазул цояв Геджухалдаса Низамудин Михрабовасин абуни ракӏалде щвезаруна жидерго бечедаб гӏаммаб магӏишаталъ хайир кьолеб советияб заман ва хадуб гьеб щущахъ биххараб заман: «Нижер Геджухалъул ракьал кидаго рукӏана хайир кьолел. СССР биххаралдаса нахъе чӏунтизе тун букӏана магӏишат, бетӏербахъиялъе гӏемерав чи къватӏивехун ине кколаан. Мухӏамад Сагӏдулаев гьаниве вачӏаралдаса нахъе цӏидасан чӏаголъана нижер ракь, гӏемерал гӏадамазе хӏалтӏиги гьанибго буго». Чӏунтун, тӏубанго рехун тун букӏараб цӏолбол магӏишат цӏидасанги хайир кьолеб мухъде бачунаго, Сагӏдулаевас гьабураб хӏалтӏул батӏаго бицине мустахӏикъаб букӏина.\nПачаясул заманалъги, советиял соназги улкаялда машгьураб букӏана Геджухалъул цӏибилгун чагъир. Гьанже Дербент районалъул чанго магӏишаталъ цӏакъ тӏадчӏун цебетӏезабулеб буго гьеб рахъ.\n— Хъизан хьихьизе гӏураб харж букӏунищ? — ан абураб суал кьуна дица цӏибил баччулеб КамАЗалда хӏалтӏулев Элдар Сагӏидовасе. – Кӏвахӏаллъичӏого хӏалтӏарав чиясе лъикӏаб харж щола. Риидал моцӏрое 30-40 азаргоялдеги рахуна, хасало кӏиго нухалъ дагьлъулаха. Кьиндал хӏалтӏиги гӏемераб букӏунарелъулха,- ян жаваб гьабуна гӏолохъанчияс.\nЛъимерлъудасаго росдал гӏумру, яшав лъалев чиясда росдал магӏишаталъул кӏварги бичӏчӏулеб батила. Росдал захӏматчагӏазде, халкъалъего пайдаяб магӏишат гӏуцӏулезде бугеб хӏурмат ишаздалъун, хӏукуматалъул тӏалабалдалъун бихьизабулеб Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. «Алжанул гӏаркьел гӏадаб, магӏишатяшавалъе чанги ресал ругеб нилъер республикаялда рехун тарал ахал, чӏунтарал кулаби, гӏи-боцӏи гьечӏого чӏороголъарал мучӏдул, рекьичӏел хурзал рихьидал, ракӏ унтичӏого хутӏуларо. Гьеб кинабго чӏаголъизабиялъе нилъер пачалихъалъ ресал ратиялда хьулги бижула гьадинал къояз», — ин абуна, гъотӏол рагӏдукьги чӏун, тӏаде рачӏарал гьалбадерихъ балагьарав цо ригь арав чияс. Хӏалтӏуца кӏвекӏиялъ кӏодолъарал гьесул кверазухъ балагьун намуслъана дунгоцин.\nХӏургун кӏкӏуй бетарал пихъил ахал\nМагӏарухъе — нахъе хьвадулелъул нижерго ахикь ругониги, Юждагъалъул ракьалда «Хӏакъикъат» гьоболлъухъ букӏана. Гьоболасдаги лъикӏабквешаб халлъичӏого хутӏуларелъулха. Дербент районалде унаго нухлул кӏиябго рахъалъ гӏолел цӏолбол ва цогидаб пихъил ахал рихьун ракӏ бохула. Загьирго бечелъун, цебетӏолеб буго республикаялъул гьеб рахъ. Аммаха, хӏургун кӏкӏуй тӏад бетараб пихъ бихьидалги ракӏунтула (тохтурзабазги заралияблъун бихьизабулелъул цӏикӏкӏун машинаби хьвадулеб шагьранухлул гӏагарлъухъ гӏураб нигӏмат). Гӏажаиблъи гурищ, гӏорлъун машинаби чвахулеб нухлул рагӏаллъабазда, ахалгун хурзал заралияб кӏкӏуйдаса цӏуниялъе, рохьил мухъ (лесополоса) гьечӏолъи! Бугебги бакӏазда гьеб релълъуна чӏунтелал хутӏараб некӏсияб росдада, ракъварал, рекарал гъутӏби цӏикӏкӏун ругоан рагӏад кьолездаса.\nТӏубараб республикаялъего гӏаммаб унти бугин гьебин абуни мекъиги ккеларо. Лъицадай гӏезаризе ккола нухлул рагӏаллъабазда рохьил мухъал, щивдай гьелъул жавабиявин суалги бижичӏого хутӏуларо. Цӏи чӏаралги гъутӏби ракъвала хадубккун лъалъан, тӏалаб гьабичӏолъиялъ. Цогидал регионазде, улкабазде щун, гьенир нухлул рагӏаллъабазда бугеб мухӏканлъи бихьидал, гьелго суалал рижула.\nГьабги батила батӏаго борханиги бегьулеб суал.\nПатӏимат Гьитӏинова"}
{"slug": "19849-nurgudaevasul-khiarakatgi-grantazul-barakatgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19849-nurgudaevasul-khiarakatgi-grantazul-barakatgi", "title": "Нургьудаевасул хӏаракатги грантазул баракатги", "date": "2022-09-02 09:00:44", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Араб шамат къоялъ, ай 27 августалда, нижеца -ДРялъул батӏи-батӏиял басмабаздаса, радио-телевидениялдаса журналистазги машгьурал блогеразги — гӏахьаллъи гьабуна Буйнакск шагьаралъул бетӏер Исламудин Нургъудаевас гӏуцӏараб пресс-туралда.\nКъогогӏан чи вукӏана нижеда цадахъ. Гьезда гьоркьор рукӏана ЦУРалъул нухмалъулев Султӏан Гӏабдуралимов, «Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадов, блоггерал ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи Шамиль Хадулаев, Рамазан Рабаданов, Яна Ваймер ва цогидал.\nСталин, Ермолов ва «Кавалер-Батарея»\nПресс-туралъул тӏоцебесеб бутӏаялда мэрас нижее шагьаралъул цо-цо бакӏазде экскурсия гьабуна.\nТӏоцере ниж щвана шагьаралъул краеведениялъул музеялде. Гьеб ккола Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб ДРялъул Миллияб музеялъул филиал. 1920 соналъул 13 ноябралда гьеб минаялъуб И. В. Сталиница Дагъистаналъе автономиялъул статус кьунин абураб игӏланги бугоан гьениб чӏван. Гьенибго цо заманалда Авар театрги букӏана.\nЖибго музей гӏемер кӏудияб гьечӏониги, гӏемерал интересал тарихиял тӏагӏалабигун баянал ругоан гьенире ракӏарун. Сталиница нахъа хӏукму къотӏараб столгицин бугоан цӏунун. Рукӏана гьединго революционеразул гӏумруялда хурхарал баянал, гьезул рукӏарал тӏагӏалаби ва ярагъ.\nХадур ниж рачана цӏар рагӏарал революционерал Махӏач Дахӏадаев, Уллубий Буйнакский ва цогидал рукъараб паркалде. Гьениб нахъа бугоан Ермоловас жаниб гӏумру гьабун вукӏараб минаги. Гьенисанго бихьана «Кавалер-Батарея» абулеб кьуруги.\n80 млн гъурущ\nЩвана цебе сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазе сайигъат гьабураб паркалдеги. Цебе гӏала-гъважаялъул цӏун букӏараб бакӏалда гӏадамазе тира-сверизе ва хӏухьбахъиялъе саламатаб бакӏ лъугьинабун буго Исламудин Нургьудаевас гьениб.\nЭкскурсия гьабулаго, бетӏерас ва гьесул заместителас бицана шагьаралда регионалиял федералиял проектал кинаб къагӏидаялда гӏумруялде рахъинарулел ругелали.\nИсана Буйнакск шагьар бергьун буго «Гьитӏинал шагьарал ва тарихиял росаби» абураб Тӏолгороссиялъул конкурсалда. Гьениса щвараб 80 млн гъурущ шагьаралъул архитектурияб рахъ лъикӏлъизабиялде биччазе бугин бицана мэрас.\n«Дагъистаналъул цогидал шагьараздасагун районазда гьоркьоса тӏоцере ниж бергьана РФялъул строительствоялъул министерствоялъ тӏобитӏулеб гьеб конкурсалда. Гьениб нижеца бихьизабуна шагьаралъул ах къачӏазе бугин. Конкурсалда гӏахьаллъарал РФялъул 73 субъекталдаса 300 муниципалитеталда гьоркьоб нижер проект лъикӏаблъун рикӏкӏиналдаса ниж цӏакъ рохарал руго. Гьенисан щвараб гӏарцуца нижее шагьаралъул архитетурияб сипат лъикӏлъизабиялъе лъикӏаланго кумек гьабизе буго. Ах къачӏаялъул хӏалтӏаби гьанжеялдего байбихьун руго. Дир ракӏчӏола, шагьаралда ругел гӏадамазе гьенире хӏухьбахъи гьабизе рачӏине бокьизе букӏиналда», — ян бицана Нургьудаевас.\nСапаралъул ахирияб ва аслияб бутӏа букӏана «Чӏикӏаб-Буйнакск» лъелмухъ бачунеб бакӏалде щвей.\nШагьаралъул гӏадамазул гӏемерал соназ цӏакъ рахӏат хвезабулеб буго лъел суалалъ. Гӏаммаб къадаралда, тӏолабго шагьаралъе букӏине кколеб хӏалалда лъим щвезелъун цо сордо-къоялда жаниб кьабизе ккола 24-25 азарго куб.м. лъел. Цӏакъго гьеб иш хӏалуцуна лъалъадулеб ригь щведал — ихдал ва риидал. Гьеб заманалда чӏикӏасез тӏадран жидерго ахал лъалъазе байбихьула.\nГӏемераб бакӏалде изну гьечӏого лъим бачиналъ ва лъим жанисан унеб рогӏоро тӏубан чӏунтӏун букӏиналъ, шагьаралде бачӏунеб гьекъолеб лъел къадар циндаго гӏодобе кколеб буго Буйнакскиялда. Лъел мухъ 80 проценталъ басралъун, чӏунтӏун буго.\nЩулиял, хъазмил рогӏралги ругеб лъел мухъалъул гӏаркьел гьабуни, гьеб иш тӏубанго рукӏалиде бачӏине бугин абуна И. Нургьудаевас. Гьелъул халалъи букӏине буго 32 км.\n«Гӏуцӏун буго проекталъул смета ва рагӏалде бахъана пачалихъияб экспертизаялъул хӏалтӏиги», — ян абуна мэрас.\nПроект босун буго «Бацӏцӏадаб лъим» абураб федералияб программаялде гъорлъе. Жакъасеб къоялде рагӏалде рахъун ругин абизе бегьула лъим бачиналда цебе шагьранух хасал къотӏелазде бикьиялда хурхарал геодезиял хӏалтӏаби.\nТӏадеялъул лъим щвела\n«Тӏасияб соналъул октябрь моцӏалдаса байбихьун шагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏадамазе сордо-къоялъ, чӏечӏого бацӏцӏадаб, гьекъолеб лъим бачӏине буго», — ян абуна И. Нургьудаевас.\nЛъел мухъ бугеб бакӏалда гьабураб экскурсиялдаса хадур ниж рачана Чӏикӏаб хӏорил рагӏалда бугеб ахикье хӏухьбахъи гьабизе. Нигӏматаздалъун гьарзаяб столалда нахъа Исламудин Нургъудаевас бицана жакъа къоялда шагьаралда бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул.\n«Жибго гьитӏинаб букӏаниги, бечедаб тарихалъул, цебе тахшагьарлъун букӏараб бакӏ ккола Буйнакск. Гьанир руго цӏакъ гӏажаибал, гьобол-гьудул хириял гӏадамалги. Дун къаси-къаси паркалде уна тира-сверизе. Гьенир дида дандчӏвала цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамал. Цӏакъ бокьула дие гьезулгун гара-чӏвари гьабизе, гьезул дарсазухъ, малъа-хъваязухъ гӏенеккизе. Шагьаралда гьабизе ракӏалда бугеб бищун цебе гьезулгун дандбала дица», — ян бицана Исламудин Нургъудаевас.\nНижеда цадахъ столалда нахъа рукӏарал Буйнакскалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазги цӏакъ лъикӏаб къимат кьолеб бугоан шагьаралъул бетӏерас ва гьесул къокъаялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏуе. И. Нургъудаев бетӏерлъун вачӏаралдаса шагьаралъе лъалеб цебетӏей кканин абуна гьез.\nТӏагӏамаб къадеквандаса хадуб, хӏорида цебе, тӏабигӏаталда мэрасулгун пресс-конференцияги гьабуна. Гьенибги гьес гьабураб хӏалтӏул хӏасилал гьаруна.\nГьелдаса хадуб, катераздаги рекӏун, лъеда тӏасан свериги бахъана нижеца. Бакъанимех бугониги, бищун дагьалдасан 20 катер цӏурал туристазул къокъабиги дандчӏвана. Туристазе хӏухьбахъиялъе гьарурал бакӏазда лъикӏал шартӏалги ругоан чӏезарун гьенир. Цогидал бакӏазда чамалиго соналъ ралел гьечӏел хӏажатханал, нужер гьанир объект лъугӏилалдего, цебеккунго ран ругин махсаро гьабуна нижеда цадахъ вукӏарав Рабадан Рамазановас.\nКъасиялдехун, рокъоре унаго, къасисеб Буйнакскалда свералабиги рахъана нижеца. Гӏемер гӏадамал ругоан парказдаги къватӏахъги тира-сверулел. Буйнакск рикӏкӏуна къватӏазда канлъи чӏезабиялъул рахъалъ бищунго хьезарурал муниципалитетазул цояблъунги.\nГьедин, лъикӏаб хӏухьбахъиги гьабун, тира-сверулаго, дагь-дагьккун нахъа тана нижеца къадги къасиги гвангъараб Буйнакск шагьар…\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "19854-l-ida-bikharab-fazu-gialieval-giaka-bechichiuleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19854-l-ida-bikharab-fazu-gialieval-giaka-bechichiuleb", "title": "Лъида бихьараб Фазу Гӏалиевалъ гӏака бечӏчӏулеб?", "date": "2022-09-02 19:45:48", "categories": ["kultur"], "text": "Гьеб суалалдасан макъала байбихьани, цо–цоязда ккела хъвалев чиясул бетӏер сверун батилилан, газеталда къватӏибе бахъани ккела, редакторасул бетӏер сверун батилилан.\nХалкъияй, дунялалда цӏар рагӏарай поэтесса. Республикаялъул журналалъул редактор. Рикӏкӏен лъаларел хъулухъал тӏуралей инсан. Кинаб гӏака?!\nГьелъулцин бицинаро, Дагъистаналдаги, цебе букӏараб СССРалдаги цониги ватиларо Фазу Гӏалиева лъаларев чи. Киназдаго лъала гьелъул килщазда рукӏунел баргъичал, гьелъул гӏинда даларал кӏилкӏал. Гьелъул сурат цебе чӏезабизе кӏоларев чи щив ватилев? Гьелъ гӏака кин бечӏчӏулеб?\nГьелъулги бицинаро, магӏарулазул цо хасаб гӏел буго Фазу Гӏалиевалъул цӏаралда цадахъ гӏураб! Гьеб гӏел школалада цӏалулеб мехалда Фазу Гӏалиевалъул хаслихълъиялде хъварал кучӏдул рекӏехъе лъазарулел рукӏана. Гьеб гӏелалъул ясал Фазу Гӏалиевалъухъего кучӏдул хъвазе лъугьана, гьелъул кучӏдузул тӏахьал данде гьаризе васал лъугьана. Гьеб гӏелалда Фазул гьумер телевизоралдасан кида паркъун аниги лъала, Фазул гьаракь Америкаялдасан рагӏаниги батӏа бахъизе лъала. Гьединай инсаналъулги гӏакдалги хурхен бугебищилан гьикъизе бегьилебищ?\nБегьула. Гьей йиго чӏужугӏадан.\nЧӏужугӏадан. Фазу йиго Гиничукь росулъ гьаюрай магӏарулай. Фазу Гӏалиевалъ, ккани магьги баччула, къеда ракги чӏвала, гӏертӏида къвалги бала… Гьабизеги кинабго гьеб рикӏкӏунаго кечӏгун гьабула. Яги жиндирабго рикӏкӏунаго гьабула, яги батӏияв поэтасул рикӏкӏунаго гьабула. Гьелъие батӏалъи гьечӏо лъикӏаб кечӏ лъил букӏаниги.\nЛъиданиги лъалеб батиларо Фазул гӏумруялъе кучӏдузищ чӏаголъи кьолеб, яги Фазул гӏамалалъ кучӏдулищ чӏаго гьарулелали. Гьелъул гӏумруялъулъ рессун кучӏдулги руго, кучӏдузулъ бессун гьелъул гӏумруги буго.\nБокьараб бакӏалда, бокьарав чиясе, бокьараб ахӏвал–хӏалалда гьелда кӏола гьеб бакӏалде данде кколел кочӏол рагӏаби рикӏкӏине. Бачӏинеги бачӏуна, гӏажаибго.\nЦо сордоялъ кӏиго поэтги дунги щвана Фазу Гӏалиевалъул рокъоре. Мусаца нижер салам буссинабун бахъун букӏинчӏо, хӏалтӏудаса рокъое юссун ячӏана Фазу. Батӏияб чӏаголъиялъул цӏуна рукъ. Дида ккана рокъор ругел бакӏалги, шкафалги, тӏахьалги цадахъ кӏанцӏезе лъугьанилан. Ракӏалде щвана Фазул кочӏолъ ругел гьал рагӏаби:\nДица нужер къасдал, тӏолго анищал\nТӏуразе гьарила гьабсагӏаталда.\nГьабизеги гьабуна абухъего – «гьабсагӏаталда» – босун шишаги столалда лъуна, жийго богорокъое тӏерхьунги ана… рикӏкӏунаго цо кечӏгун. «Щиб хъвалевгӏаги мун вугев?» – илан Мусада гьикъун бахъун букӏинчӏо, тӏад юссун ниж ругеб рокъое ячӏана Фазу, кодоб ккун къакъалеб реччеб лъаларо, нисдал горо лъаларо – цо жоги буго, гурун рукьабиги руго, ботӏрода къан батӏияб кӏазги буго, гьанжеги рикӏкӏунел кочӏол рагӏабиги руго. Рагӏаби ракӏалда гьечӏо (хӏобода бухьараб гьоболасул чол хӏакъалъулъ букӏанилан ккола). Цойгиги кечӏги рикӏкӏунаго тӏад юссун добго богорокъоеги ана. «Хъван бахъунебгӏаги гьечӏищ?» – илан Мусада гьикъун бахъун букӏинчӏо – тӏад юссун ячӏана Фазу, рикӏкӏунаго кечӏгун (магӏида бараб ханжаралъул хӏакъалъулъ букӏанилан ккола) кодоб ккун нисдал пурщинагун. Дида гьединан хехго бежараб пурщина жеги бихьун букӏинчӏо. Тӏагӏам газеталъул кагътица къватӏибе кьоларо… Гьеб мехалда бичӏчӏана дида «гьабсагӏаталда» – ян абураб рагӏи кочӏолъе зодоса рештӏун бачӏараб гуреблъи.\nДида гуребги бичӏчӏун бугоан гьеб рагӏи зодоса рештӏараб гуреблъи.\nЦӏакъ гӏемерав чи данд чӏвана дида Фазу Гӏалиевалъухъе унев вугилан. Цоясе къваригӏун букӏуна машинаялъе «запчастал», цойгидасул дагӏба–къец букӏуна ракьал рикьулеб бакӏалда, лъабабилев вачӏуна жиндир лъимер больницаялда лъеян, анцӏабилев вачӏуна Москваялде билетилан, къоло щуабилев вачӏуна квенги макьуги тун хъвараб рокьул кечӏ бугин цо–кӏиго сагӏаталъ жиндихъ гӏенеккейилан. Киназдаго лъала «гьабсагӏаталда» – йилан абураб рагӏи.\nГьединай йиго Фазу. Чӏужугӏадан.\nЮбилеялда хурхинабун хъвалеб макъалаги бугелъул, тӏадехун абураб тасдикъ гьабулеб, Фазудасан бицунеб «анекдот» гӏадаб жоги рехселин.\nНагагьлъун Фазу Гӏалиевалда аскӏоре рачӏани: «Фазу, цӏакъ хӏажат ккун буго, бегьилеблъун батани цо нусазарго гъурущ кье» – ян, Фазуца абулебила: «Вабабай, вададай, щибдай гьабила ункъоялда анцӏила ичӏазарго гурони гьечӏеб дихъги…» – илан. Щибниги гьечӏеб бакӏалда махсаро бижуларо – хӏакъикъаталдаги Фазуда гьеб «кьезе кӏолареб азарго гъурщил» ургъел чӏвала.\nГьей магӏарулалъулъ, гьей чӏужугӏаданалъулъ буго сверухъе бугебщинаб жо багъа-башаризабулеб гӏажаибаб къартӏги, гьимиги, босулеб кверги, абулеб рагӏиги, гӏажаибго щибав чиясда батӏа бахъизе лъалеб гьаракьги. Щиб бугониги жо Фазуда бицунеб бугони «агьа, агьа, агьа», – илан йикӏуна, гӏенеккунцин гьечӏей гьалъие гьаб бицун дие щайин букӏарабилан бухӏун бахъун уна чехь – дудасаго лъикӏ бичӏчӏунги батула, дудаго бичӏчӏуларого бугеб тӏадеги жубала. Бицунеб жоялъул добе анибе свериги букӏунаро, цӏулалъ кьабураб магӏгӏадин, чӏванкъотӏун, мухӏканго, щаклъи кколареб къагӏидаялъ абула.\nГьелъул гӏаданлъиялъ вачӏарав чи хисизавула, жиндехунго вуссинавула. Пашманго бортун унеб гъоркьияб кӏветӏги кодоб ккун вачӏани, чӏинкьа–кӏитӏизавун витӏула, чӏинкьа–кӏитӏун вачӏани, жиндаса талихӏав чи ракьалда ватиларилан ракӏчӏезеги гьабун къватӏиве витӏула. Бакьулъа гӏебеде бачунеб, гьоркьохъеб хӏалалда гьабулеб жоги щибниги букӏунаро. Гӏинда кӏиликӏ базе ккани бала жибго–жибго квешезе гӏадин, рагӏи абизе ккани абула лъабго зани цадахъ бегулеб хӏалалда, столалда зар базе ккани бала кӏиябго цадахъ.\nФазул буго цо гьадинан байбихьулеб кечӏ:\nДида цо лахӏзаталъ цебе бачӏана\nТӏолабго дуниял дунго гьечӏого.\nКинабха Фазуда батараб жийго гьечӏеб дуниял? Гьадинаб батанилан хъвалеб буго гьелъ:\nМугӏрул, нуж цӏорорал ганчӏаллъун руго,\nКаранда тӏегь гьечӏо, тӏогьиб цӏер гьечӏо.\nКибниги чӏаголъи, гӏадамал гьечӏо,\nГӏодоб биччараб сас…\nГьел рагӏабаздаса хадуб Фазуца мухӏканаб чӏванкъотӏараб хӏасилги гьабулеб буго:\n…гьаб дунял гуро!\nГьедин абизе ихтиярги буго Фазул.\nГьединай йиго Фазу. Гьединай йикӏинчӏейани гьей Гиничукьа Фазу Гӏалиеваги йикӏунароан.\nКиданиги кӏоченаро Фазулгун тӏоцебесеб лъай–хъвай ккараб къо. Доб букӏана щуго–анлъго соналъ цебе, Фазул творчествоялъе ревизия гьабизе «критикал» лъугьараб заман. Хасго гурхӏел тун бухулеб букӏана «Комисар» – илан абулеб цо поэма. Цоял чӏун рукӏана гьеб поэмаялда «хъарахъ» – илан хъвазе кколеб бакӏалда «гъветӏ» – илан хъван бугилан. Валлагь гурин, «гъветӏ» – илан хъвазе кколеб бакӏалда «хъарахъ» илан хъван бугилан чӏун рукӏана цойгидал. Гьоркьоб чӏван цо «гӏинтӏи» – ян абураб рагӏиги букӏана. Газет–журналаздаги Фазулги гӏинтӏиялъулги гурони бицунеб жого букӏинчӏо. Гьедин йикӏана Фазу Гӏалиева.\nЦо гучав хъвадарухъан вахъине нигаталда, кӏиго хабарги босун дун щвана «Магӏарулай» журналалде. Дунялалда цӏар рагӏарай поэтессаялъухъе уневги вугелъул хъахӏаб гордеги ретӏана, щокъроре щвезегӏан гьелъул маргъалалги рахана, мухӏканлъизе тӏасан галстукги бухьана. Гьелъул творчествоялде тӏаделъун ругелъул ццидатӏа, кеп гьечӏого ятилинха гьейилан ракӏги букӏана. Фазуда гьадингояв чи вугин дунгоян ккечӏого букӏине, поэзиялъул бицине къачӏанги вукӏана.\nДанде яхъун ячӏана Фазу.\n– Вабабай, – илан абуна гьелъ, дир чӏужу лезгияй йикӏарайлъи кисан лъан букӏарабали, –гӏайиб гурищха гьадинав вас лезгиялъухъе ккезе…\nГьородахъ босун ана ботӏролъ букӏанщинаб поэзияги, прозаги, гӏинтӏиялъул хӏакъалъулъ бицинехъин букӏанщинаб хабарги.\nДида «Магӏарулай» журналалъул редакторлъун ятичӏо я халкъияй поэтесса, я гӏемерал цӏарал щварай магӏарулазул прозаик ва орденал медалал росарай дунялалда цӏар рагӏарай Фазу Гӏалиева. Дида гьений ятана чӏужугӏадан.\nГьединабго чӏужугӏаданлъи буго гьелъул творчествоялъулъги. Цо хабаралда Фазу Гӏалиевалъ, цӏцӏадукь эхетарай ясалъул хӏакъалъулъ, хъвалеб буго гьадинан: «…гъалал бакӏлъана…». Цониги бихьинчиясул ботӏролъе киданиги рештӏунаро гьединан мухӏканго сурат цебе чӏезабизе кӏолеб рагӏи. Щибаб кочӏолъ, щибаб рагӏулъ, щибаб мухъалъулъ Фазу бищунго цее йиго чӏужугӏаданлъун. Гьаниб халат гьабун бицине бегьилаан Афганистаналъулги…\nГьединай йиго Фазу.\nГьал къоязда гьелда къан бугеб Дагъистаналдаго лъалеб чохтӏо гӏеларищ!\nНилъер магӏарулазул хаду–хадурги поэталги, хъвадарухъабиги рижизе Аллагьас хъван батани, зама–заманалдасан Фазу Гӏалиевалъул хӏакъалъулъ хъвараб рагӏи нилъеда данд чӏвазе буго. Фазу йиго. Киназего гуро рес щолеб гьелда юбилей баркизе. Гьединлъидал дица «гьабсагӏаталда» баркила.\nФазу, баркула дуда анцӏила микьго сон тӏубай!\nХӏурматгун, адабгун Гъазимухӏамад ГЪАЛБАЦӏОВ.\n05.12.92"}
{"slug": "19883-dun-shkolalde-vachin-bal-goyab-daptar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19883-dun-shkolalde-vachin-bal-goyab-daptar", "title": "Дун школалде вачин (Балъгояб даптар)", "date": "2022-09-05 14:57:56", "categories": ["kultur"], "text": "1979 соналъул хаслихълъи букӏана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдал кьераб гордеги, тӏасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранда чвантида бараб тӏеренаб пиджакги ретӏун, тетрадгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегӏана.\nГвангъун щвараб бакъул къо букӏана. Данде кканщинав росуцояс махсаро-хочӏалда тӏовитӏун, отличниклъун вукӏине щулияб ниятгун, тӏоцебесеб партаялда нахъа гӏодов чӏана дун, амма гьеб дида ракӏалде ккараб гӏадаб бигьаяб масъала батичӏо гьеб отличниклъи. Дун квегӏаб квералъ хӏалтӏулев вукӏана, мугӏалимас гьеб кинабго гьабун ругьунаб дир квегӏаб квералъухъаги бахъун, ручка кваранаб квералъуб къазубуна: «Квараналъ хъван ругьунлъе!» — ян лъазабуна. Гьеб букӏана захӏматаб масъала, суратал рахъизе махщел букӏинчӏо, хатӏ букӏана квешаб, жубай-бахъиги бокьулароан. Щибха нахъе хутӏараб гьениб? Ай цӏалул байбихьи лъикӏаб букӏинчӏо.\nНижер классалда рукӏана анлъго васги ункъо ясги. Подклассалда нижее дарсал кьезе вачӏана гьоркьохъел соназул, дида росдал бертабалъ зурма пулев вихьун вукӏарав чи. Дица цӏакъ гӏажаиблъи гьабуна гьев вихьаравго. Цо моцӏалъги цебе гьединаб хиса-баси цебе чӏезабизецин кӏвелароан дида. Учительзабиги гӏоларого, гьарун букӏун буго гьесда, нижер классалъе дарсал кьезе вачӏайилан.\nУчителас цӏакъ нижер тӏалаб гьабулаан, партаялда нахъа битӏун гӏодор чӏезе малъулаан, кверал берцинго лъезе малъулаан, тенкезеги гаргадизеги бегьуларила, кӏвар кьун жиндихъ гӏенеккизе кколила, гӏемераб жо бицана гьев чияс. Лъикӏав чи вукӏана, мугӏалим хӏисабалдаги квешав вукӏинчӏо, махсаро-хочӏ гьабун, лъималазе живго вокьизавизеги лъалаан, амма гьес бицунеб жо дида захӏматго гурони бичӏчӏулеб букӏинчӏо. Гьес бицунеб букӏана магӏарул болмацӏ. Ниж ругьунаб росдал тӏомуразул лугъат гуреб, тӏахьазда букӏунеб литературияб магӏарул мацӏ букӏана гьес бицунеб.\nГьеб мацӏ дида цо нухалда рагӏун букӏана, росулъе ретӏел-кун бичизе рачӏарал хьиндалазул руччабаз бицунеб. Цойги, пластинкаялдасан гьеб мацӏалда ахӏулел кучӏдулги рагӏун рукӏана. Гьезда цадахъ ахӏизецин ахӏулаан, амма бащдабги магӏна бичӏчӏулароан.\nНижер мугӏрузда гӏурус мацӏ рагӏизего рагӏулароан, радиоялдасан рагӏани гурони. Цойги, дида Гуржиялде унел цо туристаздаги геологаздаги дир эмен гӏурус мацӏалда гаргадулев рагӏун вукӏана. Телевизоралги доб заманаялъ нижер дора рукӏинчӏо. Лъималазул ясли-ахалги рукӏинчӏо. Гьеле гьеб лъаялъул нахъарателгун байбихьана дица: мама, хлеб, Родина, река, медведь ва цойгидалги рагӏабигун «великий и могучий» гӏурус мацӏ лъазабизе.\nШколалде ун чанго моцӏ аралдаса, цӏализе ругьунлъигун, кьуна нижее мугӏалимас рокъоб рекӏехъе лъазабизе гӏурус мацӏалда кӏиго куплет бугеб кечӏ. Хӏалицаго гӏадин лъазабуна цо мухъ, гьебсагӏатго кӏочонги тана… Гьеб нагӏана батаяб кечӏ сабаблъун гӏемер гӏакъуба бихьана. Чӏвараб магӏгӏадин — «Мун киналдго щуйил къиматазда цӏализе ккола», — ян абурал инсул рагӏабиги рукӏана гӏаданир рагъилел. Бищунго ургъел чӏвараб жо гьеб букӏана, инсул берзукь вортизеги бокьун гьечӏелъул. Гьаб бакъул дунялалда дие, дол соназда, инсудаса кутакав чиги вукӏинчӏо.\nЗаман унеб букӏана, цо мухъги ракӏалда чӏезабизе кӏолеб букӏинчӏо кечӏалъул. Цо нухалъ микьабилеб классалда цӏалулев кӏудияв вацас, цӏалун рекӏехъе кечӏги бицун, жинда хадуб такрар гьабейилан тӏамулев вукӏана дун. Дихъа къосарун, бажарулеб букӏинчӏо. Гьев дида тӏад велъанхъулев вукӏана. Дун довгун къацандилев, гӏодилев, вагъулев вукӏана. Гӏодиялъ багӏарлъун бералгун, кодоб ккун букӏ-букӏараб тӏехьгун, печалъул хьибилалда гӏодов чӏун дун вукӏаго, тӏаде вачӏана эмен. Гьесда бихьана вачӏинахъего дир пашманлъи ва ахӏана аскӏове. Кроваталдаги вегун, къандалъоги битӏа-бишизабун, дун жиндаго аскӏов вегизавуна. «Гьа, щибха ккараб жо?» Инсудаса нечеялъ, довехунги вуссун, тӏехьги къан, дица лъидаго рагӏиларедухъ гӏод-гӏодун биччан тана. Аскӏове вачӏун вацас бицана, гьесда кечӏ рекӏехъе лъазабун бажарулеб гьечӏилан. Инсуца тӏехьги рагьун? балагьана дир кечӏ ва цо-цоккун гьел рагӏабазул магӏна гьикъизе жувана. Бичӏчӏана дида цониги рагӏул магӏна бичӏчӏулеб гьечӏолъи. Инсуца щибаб рагӏи дида бичӏчӏулеб мацӏалде сверизабуна, гьений яхъарай яс йихьизаюна ва кочӏол магӏна бицана. Бащдаб сагӏаталда жаниб дида ракӏалда чӏана кечӏ ва гьале кӏикъогоялдасаги соналъ унаро ракӏалдаса, гьеб дир тӏоцебесеб кечӏ:\n«…Я спрятала куклу,\nИграть не хочу.\nНе буду играть –\nЯ буквы учу!\nИз буквы я сама\nСоставляю слова.\nСама прочитала:\n«Трава и дрова.\nДрова на дворе\nТрава на лугу».\nТеперь, как большая,\nЧитать я могу…»\nГьечӏищха кутакаб кечӏ? Дарсида учителас гьикъана, лъица кечӏ рекӏехъе лъазабурабилан. Киналго руцӏцӏун чӏана, дица хӏинкъадго квер борхана. Ахӏана доскаялде, вахъун цевегун бицана. Зурмихъан гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана, лъималаз гӏажаиблъи гьабуна. Дир лъабго куплет кочӏол, гьоркьоб къотӏичӏого чваххун бачӏунеб гӏурус мацӏ рагӏун, хӏайранлъун букӏана классги, мугӏалимги. Тӏоцебесеб щуйилги босун, чӏухӏадго партаялда нахъа гӏодов чӏана дун.\nАна цӏалул соналъул тӏоцебесеб четверть. Эбел ун йикӏана райцентралде отчетал кьезе — гьей йикӏана росдал фельдшеразул пункталъул заведующая. Эменги эхеве ун вукӏана. Учителас кьуна кьиматал лъураб табель, эбел-инсуца гъулбас гьабизе. Добайин абуни берцинхъваялъе лъабилаб къимат букӏана. «Чистописание» абураб предметги букӏана нижер. Дица кӏудияй яцалъухъе кьуна гъулбас гьабеян. Гьей ялагьана къиматазухъ, «дица лъабилазе гъулбасал гьаруларо», — йилан гьурмалъ речӏчӏун бачӏана дир табель. Гьейгун вагъана, хьандана, гӏодана, ахирги, барщун, щиб гьабилебалиги лъаларого вукӏаго, ракӏалде ккана яцалъул гъулбас дицаго гьабизе. Доб дирго лъабилаб щвараб, гьетӏ-гьетӏараб, цоцалъ чӏвараб хатӏалъ «Зугьра» йилан хъвана табелалда ва вилълъана школалде. Дир табелалъухъги валагьун зурмихъанасул хӏал хисана, гьесда бихьарабго лъана жинца лъабил лъураб хатӏалъ гьабураб гъулбас, ццин бахъун багӏарлъана ва босун кьабун бачӏана указка бетӏералда, бекулеб хӏалалъ.\n«Гьаб жо буго государственный документ!!! Гьаб гъоба районалда лъани? мун туснахъалде витӏула!» — ян вагъана гьев диде. Классцоялги цоял рохун, цогиял гурхӏун рукӏана дида — гьитӏинав такъсирчиясда. Зурмихъанас инсуда бицинилан хӏинкъун вукӏана бищунго. Бицинчӏо. Лъикӏав чи ватана дир тӏоцевесев мугӏалим. Битӏараб бицани, гьесухъ байбихьул классазул мугӏалимлъи цӏикӏкӏун букӏана зурмихъанлъиялдаса.\nМухӏамад Бисавгӏалиев\nСурат — Марина Львовалъул"}
{"slug": "19927-dag-istanal-ul-brendazul-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19927-dag-istanal-ul-brendazul-khiak-al-ul", "title": "Дагъистаналъул брендазул хӏакъалъулъ", "date": "2022-09-09 06:33:10", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Гьанжеги щиб ракӏгъанцӏизабулеб лъугьа-бахъиндай кканаян, телевизор биччазе яги интернеталде раккизе хӏинкъарабги нечарабги хӏал букӏунаан чанго соналъ цебегицин. Гьедин нилъер республикаялъе щун букӏана къойилго тӏоритӏулел КТОязулги, кверда синжралги ран, цересан туснахъ гьарулел хъулухъчагӏазулги рахъалъ кутакаб машгьурлъи.\nГьелде халкъ ругьунлъунцин букӏана. Гьединлъидал гӏемерисеб мехалда бичӏчӏулароан къватӏиса рачӏарал гьалбадерил гӏажаиблъи: гьадигӏан берцинаб тӏабигӏаталда гӏумру гьабулел нужеца туризм щайин цебетӏезабулареб, жиндир заманалда Турциялъ кинигин, гьелде кӏвар кьуни, нуж габунире рахун бечелъулин рагӏулаан абулеб. Релълъунеб жо букӏарабани, нилъер умумузги гьабилаанин гьеб, гьез гьабулеб батичӏелъул, жидееги щайилан, квер хьвагӏун толаан нилъецаги туризм. Яги нилъерго жоялъул къимат гьабунгутӏиниги батилаха гьеб.\nДагъистаниязул менталитет гурилан чӏаралги рукӏана байбихьуда – имам Шамилилги Хӏажимурадилги наслабаз гӏумруялъ гьабуларила туристазе хъулухъ. Гьабуниги, гьелъухъ гӏарац босизеги нечолила.\nАмма гӏумру буго хиса-сверулеб жо. Гьединго гӏадамалгиха. Гьедин жакъа магӏарухъ хӏетӏе чӏезе бакӏ букӏунаро туристазул гӏемерлъиялъ. Масала, цохӏо Гьитӏинаб Гьоцӏалъгицин буго хасав чи бетӏергьанаб, 60-ниги номералъул гостиница. Гьебги цӏун, рукъ-рукъалъурги къабул гьарула гӏадамаз улкаялъул киналго регионаздаса рачӏарал туристал. Гьебго ахӏвал-хӏал буго цогидал росабалъги.\nГьабсагӏаталда туристазе бищунго рокьулел руго Дагъистаналъул мугӏрул. Гьелъин гьел магӏарухъеги хьвадулел ругел. Амма нилъер буго жеги ралъадги. Гьединин гьал къоязда республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас загьир гьабураб Гъаякент районалда ралъдал рагӏалда курортги базе кколин абураб пикру. Гьев гьедин кӏалъана гьал къоязда Владивостокалда тӏобитӏараб экономикияб форумалда (ВЭФ). Россиялъул президент Владимир Путиницаги рахъккуна гьелъул.\n60 улкаялдаса гӏезегӏан машгьурал эксперталги, бизнесменалги, гӏалимзабиги, политикалги гӏахьаллъараб гьелда инфраструктураялъулги мастер-планированиялъулги рахъалъ семинар бачине тӏадкъан букӏана нилъер республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасда. Курортин абуниги, гӏицӏго гьеб бан тезеги ракӏалда гьечӏо. Проекталда рекъон, Сочиялда релълъараб шагьар лъугьинехъин буго гьениб лъимал сах гьариялъул центрги, экспо-площадкаги, гостиницабиги рани. Гьелъул хӏакъалъулъ Ашахан Юсуповас хъвараб макъала нужеда батила кӏиабилеб гьумералда. Улкаялдаго рагӏун гьеб проекталъулго гӏадин, Дагъистан дунялалда машгьур гьабурав кӏиявго магӏаруласулги бицунеб буго гьал къоязда. Цӏадаса Расулги Генуса Шамилги ккола гьел. Расулил «Хъахӏал къункърабаз» Дагъистаналде вакӏарун вуго чанго нус-нус чи, рикӏкӏунел руго шагӏирасул кучӏдул, республикаялъул нухмалъиялъул минаялда жаниса бахъарал, кисакирго чӏван руго гьесул суратал.\nБернард Шоуцайищ, Генрих Гётецайищали ракӏалда гьечӏо, рагӏун букӏана гьезул цояс санайилго дунялалда чанго миллион чи кваназавулилан («поэт кормит несколько млн человек» абураб магӏнаялда). Чӏаго вугеб мехалдаги, хведалги Расулил баракат щвана гӏезегӏан чиясе.\nДагъистаналъул брендлъунги лъугьана гьесул цӏар. Амма гьелдаго цадахъ рахӏатхвезабула шагӏирасул асарал гьанже къанагӏатги магӏарулалъ рахъунгутӏиялъ. Гьединлъидал хьул буго Расулил юбилеялде пачалихъалъ биччараб 8 млрд гъурщида гьоркьоса дагьа-макъаб къадаргӏаги магӏарул мацӏалда гьесул тӏахьал рахъиялъеги биччалин абун. Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялде хӏадурлъиги буго тӏадбан унеб. Кватӏичӏого Авартеатралда кӏудияб тадбир гьабизе буго гьелда хурхун. Гьединго гьаб газета типографиялде кьезе сагӏтал хутӏидал, Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Шамил имамасул 500 кагъат» абураб тӏехьалъул кӏиябго томалъул презентацияги. Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевасда цадахъго гьел кагътал ралагьизе, гӏарабалдаса руссинаризе квербакъана магӏарул миллаталъул чӏухӏилъун кколел гӏолохъанал тарихчагӏи – Мухӏамад Шайхмухӏамадовас, Шагӏбан Хӏапизовас, Рамазан Гӏабдулмажидовас, Жамалудин Маламухӏамадовас, Гӏабдурахӏман Мухӏамадовас, Мухӏамадгӏарип Каримовас, Завурбег Жамалулаевас.\nГьел кагътазулъ Кӏудияв имам цевечӏолев вуго инсан, рагъухъан, муъминзабазул амир, гӏалимчи хӏисабалда (презентациялдаса макъала хадусеб номералда кьела). Амма гьесул хъвавулаб ирс ва Кавказалъул рагъул тарих цо бакӏалдеги бакӏарун, букӏине кколедухъ цӏех-рех гьабун лъугӏун гьечӏо. Гьединлъидал гьел тӏахьал ратаги гьелъие лъолеб байбихьилъун.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "19929-giadada-giarats-kolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19929-giadada-giarats-kolaro", "title": "Гӏадада гӏарац кьоларо", "date": "2022-09-09 06:57:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Анлъабилеб сентябралда «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчӏвазе вачӏун вукӏана республикаялъул гӏолилазул ишазул рахъалъ министр Камил Сагӏидов.\nГӏемераб хӏалтӏи гьабулеб бугин министерствоялъ гӏолилазул хӏаракатчилъи цебетӏеялъе, гьезул цӏи-цӏиял гьунарал загьир гьаризеян бицана Камил Сагӏидовас. Мисалалъе, гьал гӏагарал къоязда рагӏалде бахъанин нилъер гьаниб тӏобитӏараб «Россиялъулгун Египеталъул гӏолилазул форум». Цӏакъ пайда цӏикӏкӏараб тадбир лъугьанин гьелъулилан абуна министрас.\nГьединго К. Сагӏидовас бицана дагьаб цебе «Россия — моя история» абураб тарихияб паркалда тӏобитӏараб акциялъулги. «Бергьенлъиялъул диктант» хъвана гьениб гӏезегӏан чиги гӏахьаллъун.\n— Нижеда ракӏалда букӏаралдасаги цӏикӏкӏун чи вачӏана исана гьениве. 110 батӏияб бакӏалда тӏобитӏана нижеца диктант хъваялъул тадбирги. Гӏадамазул гӏемерлъиялъ, гӏодор чӏезе бакӏал гӏоларогоцин рукӏана. 15 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс хъвана исана диктант. Гьеб хӏакъикъаталдаги рохизе ккараб иш буго. Гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ щулалъулеб буго тарихалдеги, умумузул бахӏарчияб гӏумру лъазабиялдеги къасд. Кӏиабизе, нужеца гьикъизе бегьула, 9 маялда цебе гуреб, 3 сентябралда гьеб тадбир тӏобитӏиялъул мурад щиб букӏарабилан. Бергьенлъиялъул къоялда цебе гьеб тӏобитӏизе санагӏалъи ккечӏо, пандемиялъул асар жеги лъугӏун букӏинчӏо. Гьединлъидал пикру ккана тадбир Кӏиабилеб Дунялалъул рагъ лъугӏараб къоялде данде ккезабун тӏобитӏизе. Гьедин гьаби лъикӏги ккана. Щайин абуни, жакъа чанги пачалихъал лъугьун руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда советияб улкаялъ лъураб бутӏаги гьелъул халкъалъ бихьизабураб бахӏарчилъиги тарихалда гьоркьоса нахъе хъвагӏазе. Хӏатта нилъеца босараб бергьенлъицин цогидазе насиб гьабизе лъугьун руго гьел. Мисалалъе, США гӏадал къуватал пачалихъал сабаблъун кӏванин дунял фашизмалдаса бацӏцӏад гьабизеян абураб пикру тӏибитӏизабулеб буго. Гӏададисел хьулал. Гьезул гьодорал, щибниги кьучӏ гьечӏел гьагал мурадазгун хитӏабаз тарих хисуларо. Гьеб буго нилъер умумуз бидулъги ччун хъвараб тарих. Гьединлъидал цӏакъ лъикӏ ккана нижеца диктант хъваялъул тадбир исана 3 сентябралда тӏобитӏи. Рохизе ккараб иш буго гьеб хъвазе къватӏисел пачалихъалъул гӏадамалги гьоркьоре журай, — илан бицана К. Сагӏидовас. Гьелдаса хадуб министрас бицана 12-17 сентябралда республикаялда тӏобитӏизе бугин «Каспий — 2022» абураб цӏаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул форумги. Гьанжеялдаго гьелда гӏахьаллъизе бокьаразул 2000 гӏарза къабул гьабун буго. Амма форумалда гӏахьаллъизе ругин тӏаса рищарал гӏолилалин бицана министрас.\n— Исанасеб форумалда цӏияб жолъун ккола гьениб аслияб темабазул цояб ватӏан бокьиялъул мисал, умумуздаса чӏухӏи гӏадал ишазде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе букӏин, — илан абуна министрас. – Гьабсагӏат Украинаялда хасаб операция унеб заманалда гьединал мисалаздалъун гӏолилал куцай кӏвар бугеб масъала буго. Гьелдаго цадахъ тӏуразаризе руго цогидалги проектал. Гьел хурхарал рукӏине руго гӏумруялъул батӏибатӏиял рахъазда: бизнесалда, социалиял масъалабазда, рукӏарахъиналъул суалазда ва цогидалдаги. Бергьаразе щвезе буго гранталъулаб кумекги. Исана 80 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ биччан буго гьелъие. Гьеб киналъего нухмалъи гьабулеб буго Ростуризмалъ. Грантазул суалазде гъорлъе лъугьине нижер, министерствоялъул ихтияр гьечӏо.\nАмма кин гьеб хӏалтӏизабулеб бугебали лъазабизелъун кьварараб хъаравуллъи букӏине бугеблъи хӏакъаб буго. Жидеего бокьараб бакӏалде гӏарац харж гьабизе грант щварасул ихтияр букӏунаро. Гьеб харж гьабизе ккола хас гьабун конкурсалда бергьараб проект гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда."}
{"slug": "19930-duniyal-tsiorolalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19930-duniyal-tsiorolalde", "title": "Дуниял цӏоролалде…", "date": "2022-09-09 07:04:06", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда журналисталгун дандчӏвана ДРялъул пачалихъияб жилищнияб инспекциялъул нухмалъулев Сергей Касьянов. Республикаялда ругел минаби хасалоде кин хӏадур гьарун ругелали букӏана аслияб суал. Амма гьелъул бицине байбихьилалде, гӏаммаб куцалъ гӏемертӏалаял минабахъ бугеб ахӏвал-хӏал расги лъикӏаб гьечӏинги абуна гьес.\n— Гӏемерал хиса-басиял гьаризе лъугьун руго гӏадамал гьединал минабахъ. Рагъи къватӏибе цӏан рукъ гӏатӏид гьабула цояс, цогидасин абуни бегьизего бегьулареб бакӏалда гьоркьоб къедги гьабун батӏа тӏезабун батула жанахӏ, лъабабилес гьединабго къед балеб буго подъездазда. Жалго лъикӏал лъугьун бачунеб буго токалъул квар. Палхӏасил, цояб тӏаде бан, гъоркь букӏараб биххизабун, гӏалагъважа гьабулеб буго. Сунде гьелъ рачине бегьулел? Гьедин ургъичӏого гьабураб иш сабаблъун бокьараб къоялъ цӏа ккезе, къед биххизе, рагъиялда тӏад гьабураб тӏох тӏун бачӏине бегьула. Гьеб мехалъ кире кӏанцӏизе ругел? Ине бакӏги лъачӏого, чара къосараб бакӏалде ккола иш. Жакъа лъидаго ракӏалде кколеб гьечӏо гӏумру гьабун вугеб минаялъул хӏакъалъулъ законалда щиб хъван бугебали лъазабизе.\nГьединал гӏадамазе кумекалъе Госжилинспекциялъул сайталда рагьун буго «Горячая связь» абураб хасаб «горду». Гьенивеги ваккун, бокьарав чиясул рес буго нижергун бухьен гьабизе, бичӏчӏулареб суалалъе жаваб щвезе, — ян бицана С. Касьяновас.\nГьелдаса хадуб байбихьана 2022-2023 соназде гӏемертӏалаял минаби хасалиде хӏадурлъиялъул рахъалъ гьабураб хӏалтӏул бицинеги. Гьес абуна хасалиде хӏадурлъизе жидеца байбихьанила риидалго.\n— Хал гьабуна котельныязул щиб хӏал бугебали, токалъул мухъазухъ, бухӏараб лъим кьабулел рогӏрал хвечӏого, туричӏого ругищали. 15 сентябралдехун киналго хӏалтӏаби рагӏалде рахъун рукӏине ккола. Жакъа къоялде 85-87 процент хӏалтӏул гьабун буго нижеца. Ракӏалда буго сентябралъул бащалъиялде 100 процент тӏубазабизе, — ян бицана госжилинспекторас.\nГьединго гьес бицана гьанже ралел ругел гӏемертӏалаял минабазул 457-яб бан бугин ралел бакӏазул низамги цӏуничӏого. Кида-къадги гьел риххизаризе ккезеги ругила."}
{"slug": "19931-giadluyalde-tsiana-tokal-ul-chagii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19931-giadluyalde-tsiana-tokal-ul-chagii", "title": "Гӏадлуялде цӏана токалъул чагӏи", "date": "2022-09-09 07:06:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏадамазул рукъзабахъ канлъи свинабуралъухъ 3,2 миллион гъурщил гӏакӏа къотӏана республикаялъул Монополиялда данде чӏараб хъулухъалъ (УФАС) «Россети Северного Кавказа» идараялда тӏад.\nРакӏалдаго гьечӏого гьез токги свинабун, ункъо нухалъ гӏадамазухъа гӏарзал къабул гьарун руго УФАСалъ. Щибаб хӏужаялда рекъон, 800 000 гъурщил гӏакӏаялъул къадарги данде кьабун, лъабго миллионалдаса цӏикӏкӏараб гъурщил гӏакӏа къотӏизе хӏукму гьабуна гьез «Россеталда» тӏад.\nЦебеги пуланай гӏаданалъул рокъобе ток свинабуралъухъ миллион гъурщил гӏакӏаги къотӏун букӏана УФАСалъ гьезда тӏад."}
{"slug": "19933-pirogal-ul-bishchungo-tatuyab-butia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19933-pirogal-ul-bishchungo-tatuyab-butia", "title": "«Пирогалъул» бищунго татуяб бутӏа", "date": "2022-09-09 07:59:46", "categories": ["gara"], "text": "2022 соналъул бащдаб лъагӏалида жаниб Россиялъул Банкалъ тӏатинабуна кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун балъго хӏалтӏулеб финансазулаб компания. Гьезул бащдал ккола финансазулал пирамидаби. Гъоркьиса гьединал компаниял рукӏана лъабцӏул дагь.\nЩал рикӏкӏунел нелегалаллъун ва кин гьел тӏатинарулел, кин гьезде данде къеркьолел ва кин чӏезабилеб финансазулаб пирамида? Гьел суалазе жавабал кьуна Россиялъул Банкалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул управляющий Мурад Идрисовас.\n— Мурад Саниевич, кин бичӏчӏизе кколеб «финансазул рынокалда балъгояб хӏаракат» абураб жо?\n— Финансазул рынокалда балъго хӏалтӏулезда гьоркьор Россиялъул Банкалъ рехсола балъгоял кредиторалги, гьересифорекс-дилералги, финансазул пирамидабиги. Гьел компаниял хӏалтӏула Россиялъул Банкалъул лицензияги гьечӏого. Гьединлъидал гьезухъа бажаруларо букӏине кколеб даражаялда финансазулаб хъулухъ клиентазе гьабун ва, жидер хъулухъалдаса пайда босарав чиясул ихтиярал гьез хвезаруни, гьел низамалде цӏазеги захӏмалъула.\nБалъго хӏалтӏулел финансазул гӏуцӏабазда гьоркьоса гӏемерисел ккола «чӏегӏерал» кредиторал, ай финансазулаб хъулухъ гьабулел профессионалиял гӏуцӏабазул сияхӏалда рехсечӏел, амма гъоркь проценталги ккун, гӏадамазе гӏарац кьолел. Балъгоял кредиторал хӏалтӏула батӏи-батӏияб къагӏидаялда. Цояз гӏадамазе кьола потребителасул займал (гьединазда гьоркьоса цо-цояз хӏалтӏизарула хӏакъикъиял финансазул гӏуцӏабазул цӏарал, масала, «микрофинансовая организация», «микрокредитная компания»). Цогидал хӏалтӏула, микрофинансированиялъул рынокалда хӏалтӏизе ихтияр бугел гӏуцӏабазул сияхӏалдаса жидер цӏар хъвагӏан бугониги.\n«Чӏегӏерал» кредитораллъун рикӏкӏуна гьереси-лизингалъулал компаниялги, гьереси-ломбардалги. Гьезги, комиссионнияб тукен абураб цӏаралда гъоркь хӏалтӏулаго, кьола гӏадамазе займал, законалъул тӏалабалги цӏуничӏого, гъоркьлъалие машинабиги лъезарун.\nГьединго балъгояб гӏуцӏилъун рикӏкӏуна финансазулаб пирамидаялъул хасият бугел компаниялги: цӏикӏкӏараб хайир щвезе бугин абун, гӏадамалги махсараде ккун, гьезухъа гӏарац бакӏарула гьединал компанияз, хайир кьолеб цониги бакӏалде гӏарацги харж гьабичӏого.\nОнлайналдаса пайдаги босун\n— Араб соналъул тӏоцебесеб бащалъиялде дандеккун, лъабцӏул цӏикӏкӏана нелегалазул къадарин абуна дуца. Щиб гьелъие гӏилла?\n— Санкциязул хӏасилалда хисана загьириял финансазул компаниязул хӏалтӏул шартӏал. Гьелдаса пайдаги босун, хӏаракат цӏикӏкӏинабуна балъгоял компанияз. Гьез жигаралда тӏибитӏизабуна «пуланав чияс рецӏалие гӏарац кьолин» яги гӏадатиял гурел, ай гьересиял, инвестициязулал проектазде гӏарац харж гьабулеб бугин абурал рекламаби. Ахӏвал-хӏал хӏалуцинабуна чӏахӏиял пирамидаби цо чанго гьитӏиналде рикь-рикьун хӏалтӏиялъги. Пирамидабазулги нелегалазул 80гӏанасеб процент хӏалтӏула онлайналда.\nГьебго заманалда Россиялъул Банкалъ камил гьабуна онлайналдасан хӏалтӏулел нелегалал тӏатинариялъул къагӏида. Гъоркьиса декабралда хӏалтӏизе байбихьараб законалда рекъон, ихтияр кьуна гӏарац бахъиялъул мурадалда гӏадамал махсараде кколел интернет-сурсатазе, суд гьабизегӏанго, нухал къазе.\nЗаконалъ лъалаго хехлъизабуна гьединал сурсатаз хӏалтӏизе гьукъиялъул болжал: цо чанго анкьидаса кӏиго-лъабго къоялде щвезегӏан. Гьедин, Россиялъул Банкалъул бихьизабиялда рекъон, исана къана 3500 финансазулаб рынокалъул сайт.\nАнкьцӏул ургъе\n— Дагъистаналдаги тӏатанищ финансазул пирамидаби?\n— Гьаб соналъул тӏоцебесеб бащалъиялда тӏатинабуна тӏолабго улкаялда хӏалтӏулеб ичӏнусгоялдаса цӏикӏкӏун финансазулаб пирамида. Гьел рукӏана хайппроектал хӏисабалда гӏицӏго Telegram-алда хӏалтӏулел. Гьезул гьечӏоан жалго бетӏергьанал сайтал ва гьез гӏадамазухъа гӏарац бакӏарулаан Telegram-ботазул кумекалдалъун. Telegram-каналалда кьураб ссылкаялда бугеб малъа-хъваялда рекъон, гӏарцуде хьул лъурав чияс хъвазе кколаан гьитӏинабго текст. Гьединал, ай мухӏканлъи лъаларел, щакал интернет-проектазде гӏарац бакӏарулеб бугин абурал Telegram-каналазде раккуге.\nФинансазул пирамидабазул 56-ялдаса цӏикӏкӏун проценталъ абулеб букӏана криптовалюта кьезе бугилан яги криптовалютабазул активал росизе ругин абун. Машгьураллъун хутӏун руго экономикияб хӏай хӏисабалда гӏуцӏарал финансазулал пирамидабиги.\nДагъистаналда хӏалтӏулеб букӏана «TRUST INVEST CAPITAL» абураб цӏакъ кӏудияб финансазулаб пирамида. Гьелъул гӏуцӏарухъабаз гӏадамал ахӏулел рукӏана венчурияб бизнесалде гӏарац харж гьабизе. Жуликӏаз гӏадамазда абулеб букӏана, гьиналъулаб маркетингалъул къагӏидабиги хӏалтӏизарун, машинаби, багьа хирияб техника, мина-мулк учузго босизе рес щвезе бугин абун. Амма хӏакъикъаталда гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарац кибениги, ай инвестициязулаб цониги проекталде харж гьабулеб букӏинчӏо.\nРоссиялъул Банкалъулги, МВДялъулги ва прокуратураялъулги цадахъаб хӏаракаталдалъун рес щвана пирамидаялъул хӏаракат тӏатинабизе ва гӏадамазухъе тӏадбуссинабуна 300 миллион гъурущ.\n— Кинал къагӏидаби хӏалтӏизарулел финансазулаб рынокалъул нелегалаз?\n— Гьабсагӏаталда аслияблъун буго, «нужерго гӏарац хвасар гьабеянги» абун, къватӏисел улкабазул проектазулъ ва багьа хириял кагътал росиялъулъ гӏахьаллъизе гӏадамал ахӏи. Гьедин гьабулаан цебеккунги, амма гьанже гьелъие кьучӏлъун рехсола Россиялде данде лъазарун ругел санкциял. Жигаралда хӏалтӏулел руго кибержуликӏал: телефоналъул пуланаб номералде гӏарац рехизабизе инсан мукӏур гьавиялъе гьез абула халкъазда гьоркьосеб расчет гьабулаго, квекӏенал кколин абун. 2022 соналъул тӏоцебесеб кварталалда тӏатинарурал нелегалазул 58-ялдаса цӏикӏкӏун процент ккола криптовалютаялда хурхарал ишал гьарулел компаниял. «TRUST INVEST CAPITAL» пирамидаялъул нухмалъулез клиентал божизарулел рукӏана жидер компаниялъ криптовалютаги акциялги ричулел рукӏиналде.\nVPN — гӏадамал гуккулеб канал\nПуланаб пирамидаялде Россиялъул интернеталдасан нух къан бугониги, жуликӏазухъа бажарула гӏадамазухъа гӏарац бакӏариялъе нух балагьизе. Гьелъие хӏалтӏизабула VPN – клиентазда лъазабула гӏицӏго гьелъул кумекалдалъун ракке жидер интернет-сайталдеян абун. Гьединлъидал, VPN-сервисаз нужго гуккунгутӏизе, Россиялъул Банкалъул сайталда халгьабе нужеца гӏарац рехизехъин бугеб финансазулаб гӏуцӏиялъе лицензия кьун бугищали.\nАхирал соназда цӏакъго тӏибитӏун буго онлайналда гьересиял проектал рагьи – гьеб гӏемерго учузго чӏола жуликӏазе. Гьединал проекталлъун ккола онлайн-пирамидаби, криптовалютаялде гӏарац харж гьабизе квербакъизе бугин бицин, гьересиял форекс-дилерал, батӏибатӏиял экономикиял хӏаял.\nГӏадамал гуккизе нелегалаз тӏамула блогерал – федералиял яги регионалиял. Гьез тӏалаб гьабула социалиял гьиназда ругел блогерасул гьурмазда пуланаб баян лъеян, яги жиндиего гӏемер хайир щванилан абун, бицеян. Инсан божизавизе гьез хӏалтӏизарула интернеталда хӏалтӏизарулел рекламиял баннералги, машгьурал видеохостингалдаса роликалги, дунялалдаго цӏар арал брендалги ва финансазулал компаниязул цӏаралги.\nСихӏручагӏаз пайда босула финансазул ва тарихазул рахъалъ гӏадамазул лъай гьечӏолъиялдасаги. Гьединлъидал, дица абилаан, лъаларел компаниязулгун гӏарцул ишал байбихьилалде гьеб хӏакъикъияб «Пирогалъул» бищунго татуяб бутӏа 2022 соналъул бащдаб лъагӏалида жаниб Россиялъул Банкалъ тӏатинабуна кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун балъго хӏалтӏулеб финансазулаб компания. Гьезул бащдал ккола финансазулал пирамидаби. Гъоркьиса гьединал компаниял рукӏана лъабцӏул дагь. Щал рикӏкӏунел нелегалаллъун ва кин гьел тӏатинарулел, кин гьезде данде къеркьолел ва кин чӏезабилеб финансазулаб пирамида? Гьел суалазе жавабал кьуна Россиялъул Банкалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул управляющий Мурад Идрисовас. 5 №36, рузман 2022 с. 9 сентябрь бугищали халгьабеян абун. Халгьабизе бегьула Россиялъул Банкалъул сайталъул «Проверить финансовую организацию» абураб бутӏаялда. Гьениб кьун буго щаклъи бугел финансазулал компаниязул сияхӏ.\n— Финансазулаб пирамида бугеблъи кин чӏезабулеб?\n— Аслияб хӏужалъун ккола лицензия гьечӏолъи. Халгьабизе ккола Россиялъул Банкалъул, Налогазул федералияб хъулухъалъул ва ЕГРЮЛалъул пачалихъиял сияхӏазда компаниялъул цӏар рехсон бугищали. Законалда рекъон хӏалтӏулеб компаниялъ жиндир хӏакъалъулъ баянал балъго гьаруларо.\nЦоги хӏужа – интернет-рекламаялъул кумекалдалъун, социалиял гьиназдаса ва мессенджераздаса гӏадамазде ахӏи бай. Щаклъизе ккола, гьеб сонцерекъад рагьараб компания батани ва гьелъул мукъсанаб капиталги учредительлъун цого чагӏи ругони.\nНагагь компаниялъ лъазабулеб бугони, дур гӏарац цӏикӏкӏараб хайир щолеб предприятиялде, масала, месед бахъулеб, бакӏал ралеб ва гь.ц., харж гьабизе бугин абун, тӏалаб гьаре гьединаб хӏаракат тасдикъ гьабулел документал. Документал гьечӏони – 100 проценталъ ракӏчӏараб буго дуда цеве жуликӏ вукӏиналде.\nБуго цӏодорлъизе гьабизе кколеблъи бичӏчӏизабулеб цоги жо – цебеккунго гӏарац кьезаби, ай компаниялда гъорлъе ккезе ва хадубккун гӏемераб хайир щвезе бокьани, цин дагьабниги гӏарац кьезе кколин аби. Цӏодорлъизе ккола цӏиял клиентал ралагьеян гьарулеб бугониги – гьеб буго цогидазухъа гӏарацги бакӏарун жидеего хайир балагьулеб финансазулаб пирамидаялъул классикияб къагӏида.\n— Ахиралдаги, кинаб гӏакълу кьелеб дуца нижер цӏалдолезе?\n— Аслияб жо буго цӏодорлъи гьаби. Кинабгӏаги къотӏи-къаялда гъоркь гъулбасиналде кӏваркьун цӏализе ккола гьеб ва цӏадирабазда лъезе ккола киналго рахъал. Киданиги разилъуге щаклъи ккараб гӏуцӏиялъул хъулухъаздаса пайда босизе. Гӏадамазда ракӏалде ккола, «пирогалъул» бищунго татуяб бутӏаги щун, финансазулаб пирамидаялъукьа рорчӏилин абун. Амма гьеб буго гьереси, пирамидаялда бечелъула гӏицӏго гьеб гӏуцӏарав чи.\nГӏадамал гуккулеб финансазул гӏуцӏиялъул яги пирамидаялъул хӏакъалъулъ лъазабизе бегьула Централияб Банкалъул официалияб сайталда бугеб интернет-приемнаялдасан. Гьединго бегьула «ЦБ Онлайн» абураб мобильнияб приложениялъул чаталдасан суалал кьезе."}
{"slug": "19934-tiotsere-mashinabi-buznasan-rachiun-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19934-tiotsere-mashinabi-buznasan-rachiun-rugo", "title": "Тӏоцере машинаби Бузнасан рачӏун руго", "date": "2022-09-09 08:28:35", "categories": ["obshestvo"], "text": "Жакъа дагъистаниязе, хасго Авар, Гӏанди, Сулахъ гӏоразул мухъазда ругел ва лъарагӏлъиялдагун хъутабазда гӏурал цӏиял магӏарул росабазул жамагӏатазе кӏвар бугеб ишлъун буго Бузнаса нух цӏигьаби. Умумузул заманалда гьеб нух букӏана цӏакъго санагӏатаблъун. Болъихъа жамгӏияв хӏаракатчи Дибиров Мухӏамадкамилил бажариялдалъун цӏигьабун бахъулеб бугеб гьеб хӏакъикъаталдаги сверун буго халкъияб нухалде. Бузнаса нухлул гӏемер бицуна, амма гьелъул хӏакъикъияб тарих гӏемерисезда лъалебго батуларо. Кида ва кин Бузнаса нух бахъараб? Щиб кӏвар гьелъул букӏараб?\nКӏиго районалъул гӏорхъода\nБузна абулеб бакӏ ккола гендерил гӏалах. Гьеб буго Буйнакск ва Унсоколо районазул гӏорхъоде кколеб бакӏалда. Цебе гендерил жамагӏаталъ гьеб гӏалахалдаса пайда босулаан, гьебги букӏана гендерил жанисеб нухлъун. Хьвадулаан гьенисан цоги магӏарулалги, хасго сверухъ ругел росабазул гӏадамал. Доб заманалда лъарагӏлъиялда рукӏинчӏо гьанже гӏадал шагьарал. Тӏорщалида хадур ва даранбазаралъе хьвадулаан, аслияб куцалда, Индиралде яги Гъизляралде. Чӏикӏаб ГЭС бан хадуб, Бузнаса нухлул цо бутӏа ккана лъеда жанибе. Бузнабе хутӏана мугӏруздасан захӏматаб сухъмахъ яги Буйнакск районалъул росабалъан сверун ине нух.\nГенуб росдада нахъа ругел кьурабалъан Хъаранире унеб нухги доб заманалда, жеги гӏатӏид гьабичӏеб, хӏама бачунареб сухъмахъ букӏана. Таргъуялде, шамхаллъиялде хьвадулаан гьанже тоннель бугеб бакӏалдасан тӏадеги рахун, гендерил мегӏерги бегун. Аслияб магӏишатияб нухлъун гендериеги цогидазеги ХӀX гӏасру ахиралде щвезегӏан ва XX гӏасруялъул авалалда букӏана Бузнаса нух. Гендерил парсазде ва магӏарухъе машинабазе цӏиял нухал рахъиялъул хӏасилалда, хасго советияб заманалда гьелъул кӏвар дагьлъана ва Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏоринибе нух ккедал, XX гӏасруялъул 80-абилеб соналдаса нахъе лъугӏунго ана.\nБузнаса нухалдаса XVIII гӏасруялда ва цебе заманалда гӏатӏидго пайда босулароан Гӏандигӏурул мухъалде кколел, тӏадегӏан ругел росабазул жамагӏатаз. Гӏицӏго гӏагарда ругел жамагӏатазул гӏадамал ва Генуре, хас гьабун, рачӏунел рикӏкӏадаса къанагӏатал чагӏи хьвадулаан гьеб рахъалдасан. Гьелъие гӏиллаги кколаан, Аваргӏоргун жубалеб бакӏалде гӏагарлъулеб Гӏандигӏурул рагӏалдасан цӏакъго захӏматаб, хӏинкъи бугеб нух букӏин. Гӏор чаранкьурда цурал, кьурулъ кьабурал чӏедерал чӏелаздасан ва лъеда жанисан ине кколел бакӏалги рукӏана гьенир. Кин бугониги, нухги букӏана гьениб, магӏарул къагӏидаялъул цӏулал кьоги букӏана Аваргӏурул ахалъуда. «Гӏоржубада кьойин» абулаан гьелда. Ахӏулгохӏдехун унеб нухде кколеб, Аваргӏурул кӏиябго рагӏаллъи цолъизабулеб гьеб гендерил кьоялда гӏурусаз рекӏинабуна «Гӏешдерил кьо» абураб цӏар. Гьеб цӏаралда дандчӏвала Гӏоржубада кьо доб заманалъул рагъулал ва тарихиял хъвай-хъвагӏаязда.\nНух къокъ гьабуна\nГьелде щвезегӏан гендерил жамагӏаталъул къуваталдалъун бахъунги къачӏанги букӏараб Бузнаса нухалде тӏоцебе кӏвар буссинабуна Кавказалъул рагъул заманалда гӏурусазул рагъулал нухмалъулез. Цересел кӏиявго имамасул ва Шамилил имамлъиялъул байбихьул заманалда гьеб нухдасан гӏурус аскарияз пайда босизе лъугьана лъарагӏлъиялдаса Генуб росулъе рачӏиналъе. Гьел соназда гӏурус генералзабазул анищазулъ ва пикрабазулъ барщана Бузнаса нух гӏатӏид гьабиялъул суал. Гӏицӏго 1839 соналда, Ахӏулгохӏда хӏалуцарал рагъал унеб заманалда щвана генерал Граббее гьелъие ресги хӏажатаб гӏарцул кумекги. Ахӏулгохӏде гӏурус аскарал рачӏана, аслияб куцалда, Буртунаялдасан, Хӏаригабурлъиялдасан, Аргъванисан гӏодоре. Аскаразе рагъул сурсатал ва кванил нигӏматал раччулел рукӏана цӏакъго халатал нухаздасан. Свериги бахъун, рачӏунаан Хьаргабисан Хунзахъе, гьенисан Игьалире, Сагърикьотӏе, чӏиркъдерил кьотӏе ва Гӏашилтӏе. Гьединго свери бахъулеб букӏана гендерил магӏардасан рихьундерил къварилъухъе, Балахьунире, Мокъсохъе, Цӏатӏанихъе ва гьениса Игьалиреги рачӏун. Рихьуниса Унсоколореги рачӏун, гьениса къокъидго Гӏашилтӏе ине рес букӏинчӏо гендеридаги ансадеридаги гьоркьоб букӏараб «Шайтӏабазул кьо» Шамилица цебеккунго нахъе бахъун букӏиналъ. Цӏакъ захӏматго букӏана гӏурусазе гьел нухаздасан хехго рагъухъаби хӏажатал сурсатаздалъун хьезаризе. Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, гьез кӏвар кьуна «Шайтӏабазул кьо» къачӏаялде ва цӏуниялде. Гьеб тадбиралъ гьезие кӏудияб кумекги гьабуна.\nГьелдаго цадахъ генерал Граббеца тӏадкъаял кьуна хехаб куцалда Бузнаса нух гӏатӏид гьабиялъул хӏалтӏаби байбихьизе. Мурад букӏана гьенисан рагъул сурсатал, гӏарадаби ва кванил нигӏматал жеги хехго хадур гъезари. Хӏалтӏаби гьарулел рукӏана Ахӏулгохӏда унеб рагъги гьоркьоса къотӏизе течӏого. Нух бахъулезе квекӏен гьабизе магӏарулазул ресал рукӏинчӏо. Нух бахъулезде кьвагьдон, гьезие дагьабниги квекӏен гьабулеб букӏана гӏицӏго гьенир кьурабалъ рахчун рукӏарал гендерил гӏабурикӏаз, ай шаргӏалда тамихӏ гьабун, росулъа къватӏире гъун рукӏарал чанго чияс. Хӏакъаб букӏана, Ахӏулгохӏда рагъал унел рукӏаго, гьеб нух бахъи ахиралде щолареблъи, жеги чанго соналъе хӏалтӏи гьениб букӏин.\nГӏоржубада — маххул кьо\nАхӏулгохӏдаса Шамил ворчӏана Чачаналъе. Магӏаруллъиялда кверщел щвана дандиязухъе. Гьеб заманалда гӏурусазул аскарияз, хӏажатаб кумекги магӏарул жамагӏатазда тӏадаблъун гьабун, бажарараб куцалда гӏатӏид гьабуна Бузнаса нух. Гӏоржубада рана щулалъаби ва гьениб тана хъаравуллъи. Гьенибго гьабун букӏана Гъойсубулиялда приставасул чӏолеб бакӏги. Приставлъунги тӏамун вукӏана, хадув цӏар рагӏарав пачаясул генерал хӏисабалда тарихалда машгьурлъарав Евдокимов. Цӏакъго чӏахӏиял бергьенлъаби Шамил имамас росизе лъугьараб 1843 соналда гьел щулалъаби гендерица щущазаруна, гьенир рукӏарал гӏарадабиги гӏурулъе рехун, Темир-Хан-Шураре лъутун аскариялги ана. Гьелдаса хадуб кинабгӏаги хӏалтӏи гьабичӏо Бузнаса нухда 1859 соналда рагъ лъугӏизегӏан. Кавказалъул рагъ лъугӏидал, пачаясул администрациялъ цӏакъго цӏикӏкӏараб кӏвар кьуна магӏарухъе нухал рахъиялде ва къачӏаялде. Кӏвар бугеб нухаздаса букӏана Бузнаса нухги. Росабалъа гӏадамалги рахъинарун, хасго цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьениб гьабуна ХӀX гӏасруялъул ахиралда, ай Дагъистаналъул тахшагьар Темир-Хан-Шурабе маххул нух бахъаралдаса хадуб. Гьеб мехалда цӏакъго лъикӏ къачӏана Гӏоржубадаса Чӏиркъатӏе щвезегӏан Ахӏулгохӏда гъоркьан Гӏандигӏурул рагӏалдасан букӏараб нух. Шамил имамасул заманалда Чӏиркъатӏа букӏана Унсоколо ва Ведено тункӏихарил заводал чӏабтӏидалъун хьезарулеб Къебуда бакӏ. Гьениса чӏабатӏ гьаказда Шурабе, цинги паровозалда Россиялъул заводазде баччулаан. Хьиндалазул пихъги тахшагьаралъул консервазул заводазде гьедин баччана.\nУнго-унголъунги халкъияблъун Бузнаса нух лъугьана XX гӏасруялъул авалалда, инкъилабалдаса хадуб. Машинаби хьвадуледухъ гӏатӏидги гьабун, халкъалъул хӏаракаталда Бузнаса нух бахъана Советияб хӏукуматалъул нухмалъиялда гъоркь. Гьеб заманалда, ай 1920 соналда Гӏоржубада лъуна маххул кьоги. Гьеб ишалъе нухмалъи гьабуна Генуса инженер Мухӏамадов Камилица (Хӏажимал). Биценалда рекъон, тахшагьаралда, данде бакӏарун, хӏадурараб маххул кьо босун бачӏун буго Гӏоржубаде гӏадамаз баччун. Генубе, Чӏиркъатӏе, Унсоколо ва Гумбет районазул цоги росабалъе тӏоцере машинабиги Бузнаса рачӏун руго. Гьеб нухдасан тӏоцебе бачӏараб машинаялъул шофер Чӏиркъатӏаса Пахрудин вукӏанилан бицуна.\nМухӏамаднаби Ибрагьимов, Генуб росу"}
{"slug": "19937-g-arachaj-cherkesiyaldagi-tsialulev-vugo-khiamzatov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19937-g-arachaj-cherkesiyaldagi-tsialulev-vugo-khiamzatov", "title": "Гъарачай-Черкесиялдаги цӏалулев вуго Хӏамзатов", "date": "2022-09-09 08:30:39", "categories": ["kultur"], "text": "Россиялъул батӏи-батӏиял регионазда кӏодо гьабулеб буго Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 99 сон тӏубай. Гьесие хириял рукӏана киналго миллатал ва халкъал. Гьелъго батила жакъа гьеб рокьи гьесухъе тӏадбуссун бачӏунебги бугеб.\nГьал къоязда Гъарачай-Черкесиялда унеб буго «КарачаевоЧеркесиялъги цӏалулев вуго Хӏамзатов» абураб акция. Гьелъие квербакъи гьабулеб буго республикаялъул Х. Б. Байрамуковалъул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялъул информациязулгун библиографиялъул отделалъ\nХӏамзатил Расул ккола 72 тӏохьол автор. Гьал къоязги, гьевги ракӏалде щвезавулаго, республикаялъул библиотекабазда тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал: поэзиялъул сагӏтал, литературиял вечерал, тӏахьазул выставкаби. Гьединал дандеруссиназ квербакъулеб буго Расул дагьавги гъваридго лъаялъе. Жибго Дагъистаналъул гьаракь рагӏулеб буго гьесул асаразулъ. Дагъистаналъул цӏаралдасан кӏалъалев вуго гьев дунялалда. Гьелъулин абуни, буго ракълил ва рокьул мацӏ.\nРасулил асаралгун акциялъул гӏахьалчагӏазда цере рахъана Хабез районалъул централияб библиотекаялъул хӏалтӏухъаби Милана Даурова, Лидия Китова, Зарема Кохова ва гьединго Нугъай районалъул ва Черкесск шагьаралъул централиял библиотекабазул хӏалтӏухъаби Ольга Губарева, Гульнара Шебзухова, Светлана Шхагошева."}
{"slug": "19938-shchugo-tsiva-bugeb-otel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19938-shchugo-tsiva-bugeb-otel", "title": "«Щуго цӏва» бугеб отель", "date": "2022-09-09 09:06:41", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда рагьизе буго щуго цӏваялъулаб отель. Цӏияб гостиницаялъ нуцӏби рагьизе руго 10 сентябралда, Махӏачхъалаялда.\nГостиницаялъул администрациялъул баяназда рекъон, «Аль -Фирай» отель рагьиялъул хӏурматалда тӏобитӏулеб тадбиралда гӏахьаллъизе Дагъистаналде рачӏине руго Россиялъул чӏахӏичӏахӏиял турфирмабазул ва авиакомпаниязул вакилзаби.\nОтелалда рукӏине руго сакъатлъи бугел гӏадамазе хӏажатал шартӏалгун ресалги.\nИсана туристазул гӏемерав чияс республикаялде гьабураб «гьужумалъ» бихьизабуна гьалбал къабул гьаризе гостиницаби гӏолел гьечӏолъи."}
{"slug": "19939-dag-istan-meriyal-ukh-e-tiadbussana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19939-dag-istan-meriyal-ukh-e-tiadbussana", "title": "«Дагъистан» мэриялъухъе тӏадбуссана", "date": "2022-09-09 09:09:11", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Махӏачхъалаялъул Буйнакскиясул къотӏноб бугеб «Дагъистан» гостиница жидерго къайимлъиялде гъоркье тӏадбуссинабизе кӏвана гьал къоязда Махӏачхъалаялъул мэриялда.\nГӏемерал соназ гостиницаялъул минаялда жаниб букӏана Ростовалъул пачалихъияб росдал магӏишаталъул университеталъул филиал. Цо кидаялиго гьеб университеталъ ижараялъе босун букӏараб гостиницаялъул мина-карт нахъбуссинабизе кӏолеб букӏинчӏо мэриялда. Церегӏан соназ, судалде гӏарза битӏаниги, гьел разияб хӏукму лъугьинчӏо гьелъул. Гьаб нухалъ цӏияб судалъул хӏукмуялдаса хадуб кӏвана гьезда гостиница жидехъего тӏад буссинабизе.\nСоветияб заманалда, Махӏачхъалаялда бищун рикӏкӏунезул цояб букӏана «Дагъистан» гостиница. Гьанже цӏигьабун къачӏазеги къачӏан, цӏияб рухӏги речӏчӏизабун, хӏалтӏизе биччазе ракӏалда буго мэриялда гьеб."}
{"slug": "19940-100-sonilab-gialamat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19940-100-sonilab-gialamat", "title": "100 — сонилаб гӏаламат»", "date": "2022-09-09 09:10:23", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Республикаялда тӏадран унел руго Хӏамзатил Расул гьавуралдаса 99 сон тӏубаялъул хӏурматалда тадбирал. Узухъда, аслияб тадбир букӏина тӏадеялъул, шагӏирасул 100-сонилаб юбилей кӏодо гьабулелъул. Гьелде хӏадурлъи гьабулеб буго тӏубараб улкаялдаго.\nГьабсагӏаталда хӏадур гьабун буго кӏудияв поэтас 100 сон баялъул хӏурматалда хӏадур гьабураб официалияб гӏаламат (символика). Нужедаги бихьун букӏине гьелъул сурат кьолеб буго жакъасеб номералда.\nГьединго Хӏамзатил Расулил юбилеялъул хӏурматалда суратал чӏвалел руго Махӏачхъалаялъул къватӏаздаги. «Поэзиялъул театралдаги» кӏудияб фотовыставка хӏадур гьабун буго гьал къоязда."}
{"slug": "19941-rasul-khiamzatovasukh-e-kag-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19941-rasul-khiamzatovasukh-e-kag-at", "title": "Расул Хӏамзатовасухъе кагъат", "date": "2022-09-09 09:27:19", "categories": ["kultur"], "text": "Хӏурматиял магӏарулал! Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гӏадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохӏого чагӏаца гьарулел цоцада релълъарал кӏалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикӏаблъун бихьана Расул Хӏамзатовасул гьудул, бищунго лъикӏ гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухӏияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист Мухӏамад Бисавгӏалиевасе рагӏи кьезе. Щайгурелъул Бисавгӏалиевас цо бутӏа социалиял гьиназда рахъарал «Р. Хӏамзатовасухъе доб дунялалде кагътал» цӏалдолез цӏакъ лъикӏ къабул гьарун рукӏана нус-нусаз гъоркь баяналги хъван. Живго Мухӏамадица гьел кагътазул хасаб проект гьабун шагӏирасул 100 сон тӏубаялде бахъизе гӏурус мацӏалда «Письма с адресами и без» («Адрес бугел ва гьечӏел кагътал») абураб тӏехь хӏадур гьабулеб буго. Редакциялъул гьариялда рекъон гьеб тӏехьалдаса цо кагъат кьолеб буго шагӏир гьавураб къо кӏодо гьабун жакъасеб номералда.\nБетӏерай редактор Зульфия Хӏажиева\nСалам, Расул! Инсуца магӏарухъе хер бецизеги ахӏун, гӏемер мехалъ рихьичӏого дандчӏварабго дуца абулаан: «Дуца аб нухалда цӏакъ хӏухьел ккуна», — ян. Нижер Чӏурмутӏалъул лугъаталда гьеб «хӏухьел ккуна» абулеб къагӏида гьечӏо, хутӏарал болмацӏ бицунездасаги эб дида рагӏун букӏинчӏо дудаса гурони. Дица бицунеб щиб аниб? Чан цогидазда абизе кӏвечӏеб пикруги асарги кьураб дуца? Нилъер кӏиясулго ратӏалъиялъе цӏакъ мухӏканго абураб гӏадин бихьана дида гьеб рагӏабазул дандрай. Гьедин букӏинеги букӏана. Битӏахъе хӏухьел ккунги вукӏун цӏидасан гьеб цӏалев чи гӏадин вачӏунаан дун духъе дур каламалъухъ, пикрабахъ, асарахъ, махсараялъухъ къечарав.\nКинго гӏорцӏизеги гӏорцӏичӏо эздаса. Хадуб ккана ракӏалдаго гьечӏеб. Цо ноябралъул квачараб къоялъ дуца ракӏалдаги гьечӏо рехун тана ниж киналго. Кинабго кӏудияб дунял, гӏагараб рукъ, дурго лъимал, лъималазул лъимал, дурго хӏалтӏул стол ва бакӏ сверухъ шагӏирзаби ва творчество бокьулел гӏадамал цолъулеб. Мун вахъун тохлъукьего ана, гьалгъан хадуб балагьун дуниялги тун.\n«Тохлъукьего», — янги кинха абилеб, дур ахирал саназул шигӏрабалъ мех-мехалда бачӏунаан гьеб пикру мун унев вугин:\n«Босун буго дица кассалда билет,\n«Конец» — ин цӏар бугеб станциялде.\nБецӏаб тоннелалъуб тӏерхьунеб буго\nДир тӏарамагъасеб лъабабилеб ригь…».\nГьедин ккезеги ккана. Дур букӏана цӏакъ гвангъараб, ахӏихъуй гӏемераб, машгьураб, дуда дунялги бихьулеб, дунялалда мунги вихьулеб гӏумру, амма ракьалдаса нахъе ана гӏадатияв чи гӏадин.\nДуца цо нухалъ гуро хъвараб гьеб абадияб рокъоре руссаралъулъ киналго ращад гьариялъул хӏакъалъулъ. Нилъер ахирал саназул дандчӏваязулъ мех-мехалда дур рагӏабалъ ва асаралъ рачӏунаан гьеб ахир бачӏиналдаса рахӏатхвей, цо щибалиго лъазе кӏолареб кӏудияб балъголъи ва хӏинкъи загьир гьабурал пикраби ва гьелдаса пашманлъи.\nДида ракӏалда буго 2000 соналъул декабрь моцӏалъул бакъанимех. Тӏерхьун унеб бакъул меседилал чӏоразул загӏипабго канлъиялъ бащдаб гвангъизабун букӏана дур хӏалтӏул стол ва Чернышевскиясул къотӏноб бугеб рукъалъул кӏиабилеб тӏалаялда кабинет. Дида мун ватана хъвай-хъвагӏаязда тӏаде къулун. Хинаб салам каламалда ва гара-чӏвариялда нилъ рукӏаго дуе дарабиги росун Салихӏат ячӏана. Аминатица чай кьуна. Тӏаса-масаго тӏаде балагьарав чиясда кколаан дуда сверухъ хӏалхьи, рахӏат, дур агъаз гьабулеб хъизанги кинабго лъикӏ бугин. Амма рокъоб киса-кибего бигъун букӏана дагьаб цебегӏан ккараб кӏудияб камиялъул тӏаса ин гьечӏеб пашманлъи. Щай гурелъул рокъоса нахъе ун букӏана гьеб минаялъеги, гӏадамазеги, гьалбадериеги магӏнаги, асарги, камиллъиги кьолеб гьаракь, тӏалаб ва гӏадилаб нухмалъи ва къвакӏигун жубараб хӏеренлъи. Абадияб рокъое дунялги тун ун йикӏана берцинай, цӏодорай ва кинабго рахъалъ камилай Патӏимат Сагӏидовна. Гьеб асар лъугьунеб букӏана рокъобе гали лъунщинав ва гьей лъалей йикӏарав чиясул.\nНилъер кӏигояс гьеб къоялъ цӏализе кколаан «Нухалги мехалги» абураб циклалдаса кучӏдул. Ракӏалдаги гьечӏого мун лъугьана цойги дида рагӏичӏеб кечӏ цӏализе. Гьедин букӏунаан дур гӏемерисеб мехалда. Захӏмат букӏана рекӏел ахӏвал-хӏал чӏванкъотӏарал планазе мутӏигӏ гьабизе. Дур гьеб рекӏел хӏал щибаб минуталъ хисулеб букӏун. Цӏияб дур кочӏолъ букӏана чӏужугӏадантохтуралъулгун диалог. Гьелъ дуе ракӏ-макӏ гьабулеб буго унти гӏодоб буссинин, мунги лъилъилин. Амма гьеб унтуда цӏар щибин дур суалалги гӏемерлъун кӏанцӏизе бакӏ тӏагӏингун тохтуралъ жаваб кьола гьелда цӏар бугин «херлъи» — ян. Амма гьеб гара-чӏвариялъулъ буго цо ракӏ гъанцӏизабулеб ахир, гьей дуе кьезе жаваб батуларого лъугьарабго дуца хъвалеб буго:\n«…Хадуй гьей юцӏцӏун чӏана,\nДие жаваб бачӏинчӏо\n— Хабалазул занахъе\nБалеб букӏана гӏазу…»\nДун лъугьана санагӏат гьечӏеб ахӏвал-хӏалалда дуца гьеб кечӏ цӏаларабго ва рукӏана загӏипалго хӏалбихьиял мун гьеб пашманлъиялъул ва хвалихъ валагьун чӏараб асаралдаса нахъе вачине. Гьелъул жо ккечӏо ва дида бичӏчӏана дур кагътиде кочӏоде буссунеб буго гӏицӏго дур ракӏалъе хӏалхьи толареб асар. Дур рекӏелъин абуни гьеб лахӏзаталъ букӏана кочӏолъ загьир гьабураб асар. Гьелъулъ вукӏана кӏудияв ва гӏорхъолъа араб асаралъул шагӏир. Гьелъ дуца миллионал асирги асаразул къуваталдалъун. Гьеб къо ва гьеб лахӏзат бачӏана жакъа ракӏалде щаялиго. Абиларо нилъер гьудуллъи бугеб ва нилъ цадахъ хӏалтӏулел саназда гӏицӏго пашманлъи гурони букӏинчӏин. Гӏумру унеб букӏана жиндирго нухдаса пашманлъаби ва ракӏсукӏиял кканиги.\nРукӏана гӏезегӏан махсараги, рохарал ва гвангъарал лахӏзаталги, гӏемерал интересал, аваданал, гӏакъилал, тамашаял гӏадамал, асарал, дандчӏваял, сухӏматал, кучӏдул, бакънал, къватӏиса ва жаниса духъе рачӏунел гьалбал, дур рагӏаби, дур кучӏдул ва гьезда тӏасан пикраби. Мун дир пикрабалъ ва ракӏалдещвеязулъ хутӏана батӏибатӏияв. Дуцаго «Памятникалда» хъвавухъе:\n«Дун вукӏина нусго батӏи-батӏияв,\nХутӏила ракӏазулъ цохӏо хӏажатав.\nЦогидал нусгояз хисизе гьечӏев,\nДицаго бакараб дирго чирахъгун…»\nГьедин хутӏизеги хутӏана. Дургун лъай-хъваялда, цадахъ хӏалтӏун ва гьудуллъиялда араб гьеб ункъо сон дида тӏубараб эпохаян ккола. Гьелъ хъвалеб буго духъе гьаб кагъатги. Дида лъаларо гьал хъвай-хъвагӏаял духъе щиб къагӏидаялда, иргаялда ва гӏадлуялда хъвазе ругелалиги. Ракӏалде бачӏанщинаб хъвалев ватула. Нилъер кӏиясулго цонигиясул букӏинчӏо гьеб гӏадлуялъул ва мухӏканлъиялъул рахъалъ камиллъи. Мун ригь арав, дун гӏолохъанав вугониги.\nРакӏалда бугищ цо нухалда дуца гьикъана дир чан сонилан. Дица жаваб кьуна 27 бугин. Дуца абуна дур 77 бугин ва гӏажаиблъи гьабуна нилъдоб дунялалде ругьел Хӏурматиял магӏарулал! Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 99 сон свериялъул байрамалде гӏадатлъун рилълъарал баркиялги, щибаб соналъ цохӏого чагӏаца гьарулел цоцада релълъарал кӏалъаялги кьеялдаса нижер редколлегиялда лъикӏаблъун бихьана Расул Хӏамзатовасул гьудул, бищунго лъикӏ гьесул творчествоги лъалев, Расулица жиндир рухӏияб ирс гьесухъе кьеян васиятги гьабурав хъвадарухъан ва публицист Мухӏамад Бисавгӏалиевасе рагӏи кьезе. Щайгурелъул Бисавгӏалиевас цо бутӏа социалиял гьиназда рахъарал «Р. Хӏамзатовасухъе доб дунялалде кагътал» цӏалдолез цӏакъ лъикӏ къабул гьарун рукӏана нус-нусаз гъоркь баяналги хъван. Живго Мухӏамадица гьел кагътазул хасаб проект гьабун шагӏирасул 100 сон тӏубаялде бахъизе гӏурус мацӏалда «Письма с адресами и без» («Адрес бугел ва гьечӏел кагътал») абураб тӏехь хӏадур гьабулеб буго. Редакциялъул гьариялда рекъон гьеб тӏехьалдаса цо кагъат кьолеб буго шагӏир гьавураб къо кӏодо гьабун жакъасеб номералда. Бетӏерай редактор Зульфия Хӏажиева Расул Хӏамзатовасухъе кагъат 9 №36, рузман лъай кьей 2022 с. 9 сентябрь Ватсапалдасанги цогидал социалиял гьиназдасанги нижехъе хъван бачӏуна, газеталдасан бегьуларищин гьеб суал борхизейилан абун. Маржанат, лъабго цӏалдохъанасул эбел, Гъизилюрт шагьар: «Битӏахъе бетӏер гьорозабун бугин абизе бегьила школалде лъимал ритӏаралдаса нахъе, гьезие хӏажалъулеб жоялъул бицун. Школалде анкьица хьваданиги, жеги цогӏаги тӏехь кьечӏо ункъабилеб классалда цӏалулей ясалъе. Исана лъикӏаб ремонт гьабун буго школалда, амма нижер классалда я партаби лъун гьечӏо, я тӏахьал кьечӏо. Тӏахьал киназего гӏезе гьечӏин, нужецаго гӏамал гьабеян абуна учительницаялъги. Тӏоцебесеб классалдаса 11-абилелде щвезегӏан, шкаф, телевизор, компьютер, принтер, тӏамач, щакъи, хӏатта занавескабицин росизе гӏарац бакӏарула эбел-инсухъа». Сиядат, ункъо лъимадул эбел, Гӏахьвахъ район: «Исана нижерги цо классалда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏиндал, бащдаб классалъе камуна тӏахьал. Цо-цояз базаралдаса басриял тӏахьал росана. Цо талихӏ буго росабазул школазул, цӏалул къайи яги школалъе хӏажатаб босизе, шагьаразда гӏадин, кӏал гьикъун, гӏарац бакӏаруларо. Ремонталги школалъ гьарула, классалги уборщицабаз рацӏцӏуна. Выпускной сардал гьаризе гӏарацги бакӏаруларо, учительзабазе сайгъаталги гьаруларо. Учительзабазулгун кинабгӏаги бичӏчӏунгутӏи ккани, районалъул лъай кьеялъул управлениялде гӏарзалъги уна. Пачалихъалъ кколеб харжги кьун гурищ тун ругел цӏалдохъабазе лъай кьезе учительзаби». Мадина, кӏиго лъимадул эбел, Махӏачхъала шагьар: «Дир вас исана анкьабилеб классалда цӏалулев вуго. Августалъул ахиралдаго лъазабуна классалъул нухмалъулелъ, исана щивав цӏалдохъанасе кӏиго-лъабго тӏехь камизе бугин. 11 цӏалул тӏехьалъул бакӏалда киназдаго гьоркьор бащад гьарун анкьанкь тӏехь бикьана. Гьезда гьоркьоса обществознаниялъул ва тарихалъул дарсида лекциял цӏализе ругин абуна ва технологиягун немец мацӏалъул дарсазда тӏахьал хӏажалъиларин тана». Патӏимат, Каспийск шагьар: «Дир лъимал цӏалулел руго Каспийск шагьаралъул школалда, дунгойин абуни, щибаб къоялъ Махӏачхъалаялде хьвадула хӏалтӏуде. Цояй яс школалда кӏиабилеб сменаялда цӏалулей йиго, цогидай абуни, лъабабилеб сменаялда. Къаси сагӏат анкьгоялде бащдаб хӏалтӏидал лъугӏула гьелъул дарсал. Цӏадукьги, гӏазукьги, кватӏараб гӏужалъги яс школалдаса ячӏунелъул, гьелда хадур рахъине ккола ниж. Кидагӏаги нилъер республикаялда цӏалдохъабазул къадаралъул хӏисабги гьабун, киназего гӏурал школал разе ругел? Щибаб соналда цо-цо, кӏикӏи тӏехь босичӏого тӏубаларо. Цохӏо биологиялъул тӏехьалъухъ 950 гъурущ абуна исана. Гьелде тӏадеги щибаб предметалъе хӏалтӏулал, хал гьабиялъулал ва цогидал тетрадалги росизе кколел руго. Пачалихъалъулаб хӏалтӏуда ругел гӏадатиял гӏадамаз кин харж гӏезабилеб?» Школалда камурал тӏахьал росизе ругищан цӏехон ниж кӏалъана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде. Министерствоялъул специалисталъ (цӏар хъвазе бокьичӏо) бицана цӏалул сон байбихьаралдаса нахъе, щибаб къоялъ, азаргогӏанасеб нухалъ ахӏун бачӏунила жидехъе республикаялдасаго школлъималазул эбел-инсуца. Щивасда бичӏчӏизабизе кколеб бугила щай школазда цӏалул тӏахьал гӏолел гьечӏелали: «Хӏукуматалъ лъазабуна исана тӏахьал росизе гӏураб гӏарац гьечӏин бюджеталдаян. Гьединлъидал, щибаб школалъ жидецаго ресал ратизе кколел руго. Нужерго школазул директорзабазухъе а, нужее рес, санагӏалъи гьабеянги абун. Цокӏиго тӏехь камуразеги бегьула ресал ратизе, ксерокопиял гьаризе бегьула, яги электрониял тӏахьал рехизе бегьула телефоназде яги компьютеразде. Цо яги кӏиго тӏехь камурал лъималазе рес батизе бегьула. Гъоркьисаги кьерцисаги росун рукӏана киналго школазе тӏахьал. Гьел кирегӏаги инчӏого школазда рукӏине ккола. — Цӏияб цӏалул соналда, цӏиял классазда цалдохъабазул къадар цӏикӏкӏине рес букӏинги хӏисабалде босун, цебеккунго тӏалаб гьабизе бегьуларищ Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ цӏиял тӏахьал росизе? — Рес буго росабалъа яги цогидал шагьараздаса хъизамалги гочун рачӏун, цо-цо классазда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏине. Цо классалде бищунго цӏикӏкӏун ункъо-щуго цӏалдохъан вачӏинеги рес буго, амма кинго рес гьечӏо цо цӏалдохъанасе щуго-анлъго тӏехь камизе. Школазда букӏине ккола гъоркьисаго росарал тӏахьазул нахърател. Директорасда тӏадаб буго гьеб суал тӏубазе. Школаздаса кьурал гӏарзазда рекъон, щибаб соналда нижеца росула цӏиял тӏахьал. Гӏицӏго исана хутӏана тӏахьал росичӏого. ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Яхӏя Бучаевас республикаялъул СМИязе кьураб баяналда рекъон, исана нилъер регионалъул школал 80 проценталъ гурони тӏахьаздалъун хьезарун гьечӏо. Киназего гӏолеб къадаралда тӏахьал росизе гӏоло федералияб централда кумек гьаризе кколеб буго. патӏимат сулТӏанМуХӏаМадова Тӏахьал росизе рес гьечӏо Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гӏемерисел школазда лъабго сменаялда цӏалулел руго цӏалдохъаби. Умумузул гӏарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагӏат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гӏемерисел школазда цӏалдохъабазе тӏахьал гӏолел гьечӏо. Цогидазул гӏарзал руго цӏали байбихьизегӏанго класс къачӏазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гӏарац бакӏарулеб бугин абунги. Щибаб соналда цого гӏарзал, цого захӏмалъаби. Щай шагьаразул школазда чӏобого букӏине кколеб лъай кьей хираго чӏолеб? Чӏорого кьезе кколел тӏахьал щай щибаб соналъ эбел-инсул гӏарцухъ росизе кколел? еда гьоркьоб 50-гӏан сон батун. Дица данде махсара гьабуна гьеб гӏемер гьечӏин дидагун Хъахӏабросулъа Махӏмудида гьоркьоб 100 сон бугин. Мун велъана дудагун Махӏмудида гьоркьобги 50 сон бугин ва абуна: «Дица мун гогьдаризавун вуго 50 соналъ гьитӏинав чигун цадахъ гьекъон, Махӏмудицагун дица цадахъ гьекъечӏо», — ян.\nЩибха гьабилеб, Расул, пашманлъизе ккараб хӏужжа буго тӏабигӏаталъ авар халкъалъе гӏорхъолъа араб гьунарал кӏикъоялда анцӏ-анцӏ соналдаса гурони кьунгутӏи, нижер гӏасруялда цӏакъго къарумлъана тӏабигӏат гьел гьунарал кьезе. Щиб лъалеб дуца 100 сон тӏубан хадув вахъинев ватила цойги чи. Нагагь гьединаб гьаракь рагӏани, дица лъазабила, Расул. Халат гьабиларо, анир ругезе нилъер адабияталда хурхараб гара-чӏвари чӏалгӏинчӏого букӏине. Гьанже эл шигӏрабазде ва адабияталде рокьи лъугӏун буго, Расул. Цӏакъ гӏемерал «шагӏирзаби» руго асар гьабулеб калам, шигӏрукечӏ гьечӏо. Эзул батӏалъи щибан Хъахӏаб рокъор ругел хӏакимзабацаги цересан ккун эзие «халкъиял» абун цӏарал кьун руго. Дуца иш элде унеб букӏин загьир гьабун букӏана 1990-абилезде дурго гьудул ва режиссер Хӏайбула Гӏабдулгъапуровасухъе хъвараб кагътида:\n…Талихӏ – дов Шекспирил гьаб улкаялда\nГьаб заманаялда гьавичӏев, гӏечӏев…\nАбудабиялда дармил ургъалилъ\nАвар Дездемона жиндирго мавргун.\nЦересел маскаби маскабийищ гьел,\n– Маскарад батана кинабго чилъи.\nГьанже тӏадмагӏарул Каренинида\nКредитал руго макьилъ рихьулел.\nГьединго ва гьелдасаги тату хун буго жакъаги рухӏияб рахъ. Цохӏо лъалеб жо поэзия щивав чияс цӏалулеб ва киназдаго бичӏчӏулеб жо гуро. Гьеб бичӏчӏулел, лъалел, наслабахъе кьезе кӏолел чагӏазул дагьаб къадаралъ нахъе цӏунун хутӏула гьеб гӏасрабаца ва цоцахъе кьола. Дуца кочӏолъ хъвавухъе:\nКигӏан гӏемераб гъегъ гӏурде баниги,\nГӏурччинлъи ганчӏазда гъорлъан баккула.\nГьедин лирикагун чан дуэль ккараб\nКочӏохъаби уна, кучӏдул хутӏула…\nМунги хутӏана дуниялалъе ва ниж рохарал руго гьелдаса.\nСаламгун ва кидагосеб адабгун Бисав"}
{"slug": "19942-tiakhal-rosize-res-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19942-tiakhal-rosize-res-gechio", "title": "Тӏахьал росизе рес гьечӏо", "date": "2022-09-09 09:37:37", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гӏемерисел школазда лъабго сменаялда цӏалулел руго цӏалдохъаби. Умумузул гӏарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагӏат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гӏемерисел школазда цӏалдохъабазе тӏахьал гӏолел гьечӏо. Цогидазул гӏарзал руго цӏали байбихьизегӏанго класс къачӏазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гӏарац бакӏарулеб бугин абунги. Щибаб соналда цого гӏарзал, цого захӏмалъаби. Щай шагьаразул школазда чӏобого букӏине кколеб лъай кьей хираго чӏолеб? Чӏорого кьезе кколел тӏахьал щай щибаб соналъ эбел-инсул гӏарцухъ росизе кколел?\nВатсапалдасанги цогидал социалиял гьиназдасанги нижехъе хъван бачӏуна, газеталдасан бегьуларищин гьеб суал борхизейилан абун.\nМаржанат, лъабго цӏалдохъанасул эбел, Гъизилюрт шагьар: «Битӏахъе бетӏер гьорозабун бугин абизе бегьила школалде лъимал ритӏаралдаса нахъе, гьезие хӏажалъулеб жоялъул бицун. Школалде анкьица хьваданиги, жеги цогӏаги тӏехь кьечӏо ункъабилеб классалда цӏалулей ясалъе. Исана лъикӏаб ремонт гьабун буго школалда, амма нижер классалда я партаби лъун гьечӏо, я тӏахьал кьечӏо. Тӏахьал киназего гӏезе гьечӏин, нужецаго гӏамал гьабеян абуна учительницаялъги. Тӏоцебесеб классалдаса 11-абилелде щвезегӏан, шкаф, телевизор, компьютер, принтер, тӏамач, щакъи, хӏатта занавескабицин росизе гӏарац бакӏарула эбел-инсухъа».\nСиядат, ункъо лъимадул эбел, Гӏахьвахъ район: «Исана нижерги цо классалда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏиндал, бащдаб классалъе камуна тӏахьал. Цо-цояз базаралдаса басриял тӏахьал росана. Цо талихӏ буго росабазул школазул, цӏалул къайи яги школалъе хӏажатаб босизе, шагьаразда гӏадин, кӏал гьикъун, гӏарац бакӏаруларо. Ремонталги школалъ гьарула, классалги уборщицабаз рацӏцӏуна. Выпускной сардал гьаризе гӏарацги бакӏаруларо, учительзабазе сайгъаталги гьаруларо. Учительзабазулгун кинабгӏаги бичӏчӏунгутӏи ккани, районалъул лъай кьеялъул управлениялде гӏарзалъги уна. Пачалихъалъ кколеб харжги кьун гурищ тун ругел цӏалдохъабазе лъай кьезе учительзаби».\nМадина, кӏиго лъимадул эбел, Махӏачхъала шагьар: «Дир вас исана анкьабилеб классалда цӏалулев вуго. Августалъул ахиралдаго лъазабуна классалъул нухмалъулелъ, исана щивав цӏалдохъанасе кӏиго-лъабго тӏехь камизе бугин. 11 цӏалул тӏехьалъул бакӏалда киназдаго гьоркьор бащад гьарун анкьанкь тӏехь бикьана. Гьезда гьоркьоса обществознаниялъул ва тарихалъул дарсида лекциял цӏализе ругин абуна ва технологиягун немец мацӏалъул дарсазда тӏахьал хӏажалъиларин тана».\nПатӏимат, Каспийск шагьар: «Дир лъимал цӏалулел руго Каспийск шагьаралъул школалда, дунгойин абуни, щибаб къоялъ Махӏачхъалаялде хьвадула хӏалтӏуде. Цояй яс школалда кӏиабилеб сменаялда цӏалулей йиго, цогидай абуни, лъабабилеб сменаялда. Къаси сагӏат анкьгоялде бащдаб хӏалтӏидал лъугӏула гьелъул дарсал. Цӏадукьги, гӏазукьги, кватӏараб гӏужалъги яс школалдаса ячӏунелъул, гьелда хадур рахъине ккола ниж. Кидагӏаги нилъер республикаялда цӏалдохъабазул къадаралъул хӏисабги гьабун, киназего гӏурал школал разе ругел? Щибаб соналда цо-цо, кӏикӏи тӏехь босичӏого тӏубаларо. Цохӏо биологиялъул тӏехьалъухъ 950 гъурущ абуна исана. Гьелде тӏадеги щибаб предметалъе хӏалтӏулал, хал гьабиялъулал ва цогидал тетрадалги росизе кколел руго. Пачалихъалъулаб хӏалтӏуда ругел гӏадатиял гӏадамаз кин харж гӏезабилеб?»\nШколалда камурал тӏахьал росизе ругищан цӏехон ниж кӏалъана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде. Министерствоялъул специалисталъ (цӏар хъвазе бокьичӏо) бицана цӏалул сон байбихьаралдаса нахъе, щибаб къоялъ, азаргогӏанасеб нухалъ ахӏун бачӏунила жидехъе республикаялдасаго школлъималазул эбел-инсуца. Щивасда бичӏчӏизабизе кколеб бугила щай школазда цӏалул тӏахьал гӏолел гьечӏелали:\n«Хӏукуматалъ лъазабуна исана тӏахьал росизе гӏураб гӏарац гьечӏин бюджеталдаян. Гьединлъидал, щибаб школалъ жидецаго ресал ратизе кколел руго. Нужерго школазул директорзабазухъе а, нужее рес, санагӏалъи гьабеянги абун. Цокӏиго тӏехь камуразеги бегьула ресал ратизе, ксерокопиял гьаризе бегьула, яги электрониял тӏахьал рехизе бегьула телефоназде яги компьютеразде. Цо яги кӏиго тӏехь камурал лъималазе рес батизе бегьула. Гъоркьисаги кьерцисаги росун рукӏана киналго школазе тӏахьал. Гьел кирегӏаги инчӏого школазда рукӏине ккола.\n— Рес буго росабалъа яги цогидал шагьараздаса хъизамалги гочун рачӏун, цо-цо классазда цӏалулезул къадар цӏикӏкӏине. Цо классалде бищунго цӏикӏкӏун ункъо-щуго цӏалдохъан вачӏинеги рес буго, амма кинго рес гьечӏо цо цӏалдохъанасе щуго-анлъго тӏехь камизе. Школазда букӏине ккола гъоркьисаго росарал тӏахьазул нахърател. Директорасда тӏадаб буго гьеб суал тӏубазе. Школаздаса кьурал гӏарзазда рекъон, щибаб соналда нижеца росула цӏиял тӏахьал. Гӏицӏго исана хутӏана тӏахьал росичӏого.\nДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министр Яхӏя Бучаевас республикаялъул СМИязе кьураб баяналда рекъон, исана нилъер регионалъул школал 80 проценталъ гурони тӏахьаздалъун хьезарун гьечӏо. Киназего гӏолеб къадаралда тӏахьал росизе гӏоло федералияб централда кумек гьаризе кколеб буго.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "19943-sapar-talikhial-ul-motsi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19943-sapar-talikhial-ul-motsi", "title": "Сапар — талихӏалъул моцӏ", "date": "2022-09-09 09:42:36", "categories": ["history"], "text": "«Сапар буго цӏодорлъи гьабизе кколеб моцӏ. Къаси кьижилалде цебе, рокъоб бугеб цӏарагӏ тӏалъел тӏад лъечӏого тоге. Сапар моцӏалъул цо сордо бугин абула ракьалде унти рещтӏунеб». Гьадинаб хъвай-хъвагӏай тӏибитӏизабулеб букӏана мухӏаррам моцӏалъул ахирисеб къоялъ. Сапар — балагьал рещтӏунеб моцӏ бугинги абун, ислам бачӏиналде цебе гӏарабиязда гьоркьор рукӏарал харбазда божулел бусурбаби жакъаги камулел гьечӏо.\nЛъикӏал гӏамалазухъ – кири, квешазухъ – гӏазаб\nГьижрияб календаралда рекъон, сапар ккола лъагӏалил кӏиабилеб моцӏ. Гьеб моцӏалъ, цебе заманалда, къотӏи-къаял, ригьнал ва гьезда релълъарал кӏвар бугел ишал гьарулароан гӏарабияз. Авараг (с.гӏ.в.) вачӏиналдалъун гьел гӏадатал хвезаруна. Батӏалъи гьечӏо, къо букӏа, анкь букӏа, моцӏ букӏа — киналго инсанасе квешаллъунги лъикӏаллъунги Аллагьасе бокьиялдалъун лъугьуна. Инсанас лъикӏал гӏамалал гьаруни, киналго къоял гьесие талихӏаллъун рукӏуна, квешлъаби гьаруни, гӏазабги щола. Нилъеда лъала хас гьабун жиделъ лъикӏал гӏамалал гьаруни кири гӏемерго цӏикӏкӏунел лъикӏал моцӏалги къоялги рукӏин, амма кӏочене бегьуларо лъикӏал моцӏазулъ ва къоязулъ гьарурал лъикӏлъабазухъ кири цӏикӏкӏунебго гӏадин, квешлъабазухъ гӏазабги цӏикӏкӏунеблъи.\nГӏажаибаб жо гьечӏищ, жакъа ислам гъваридго лъазабизе рес бугеб заманалдаги бусурбабазда гьоркьор сапар моцӏалъул цере рукӏарал гӏадатазда божулел гӏадамал рукӏин. Гьеб моцӏалда хурхинарулел квешал гӏадатазе ва гӏаламатазе кинабгӏаги кьучӏ гьечӏо. Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Инсанасде цониги къварилъи щоларо Аллагьасул хӏукму-къадаралдалъун гурони», — ян («Ат-Тагъабуна» сураталъул 11-абилеб аят).\nБухариясдасан бицараб хӏадисалда буго: «Сапар моцӏалъулъ квешаб гӏаламат гьечӏо», — ян. Гьединго Мухӏаммад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Сапар моцӏалъулъ битӏккунгутӏи, унти ва цогидалги квешал гӏаламатал ругин абураб жо мекъи буго», — ян.\nНилъее мисал\nМухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Кинаб къварилъи нужеде бачӏун батаниги, гьеб буго нужерго квераз гьабураб, Аллагь тӏаса лъугьуна гӏемерисел мунагьаздаса», ян. Гьелъул магӏнаги ккола битӏккунгутӏи яги талихӏаб лъугьа-бахъин, къварилъи яги рохел, ай кинабго гӏемерисеб мехалда нилъерго гӏамал сабаблъун кколеб жо бугин абураб. Сапар моцӏ балагьал ва унтаби рещтӏунеб моцӏ гуреблъи бичӏчӏизе ккола щивав бусурбанчиясда. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Квешаб жо ккезе бугин абун пал къотӏизе бегьуларо», — ян. Щиб кканиги, хӏасилалда кинабго лъикӏ букӏине бугин абураб пикру букӏине ккола бусурбанчиясул.\nКъуръаналъул аятаздасанги хӏадисаздасанги бичӏчӏула цо-цояз сапар моцӏалде гӏунтӏизарулел гӏадатал гьересиял рукӏин. Гьедин бугониги, цо-цоял гьел жалазда божулел руго. Гьединаз абула сапар моцӏалъ гьабураб ригьнада баракат букӏунаринги. Гьеб кинабго гьадингояб жо букӏин бихьизабуна свалат-салам лъеяв аварагас. Гьес жиндирго яс ригьнаде кьуна гьеб моцӏалъ. Гьеб гӏеларищ нилъее мисаллъун. Сапар моцӏалъ сапаралъ рахъине лъикӏаб гьечӏин абулелги камуларо. Тарихалде балагьани, сапар моцӏалъул ахиралда, Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабуна Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.). Миладияб календаралъул 622 сон ккола гьеб. Гьеб гьижраялдаса байбихьана исламияб тарихги.\nИсламалда рекъон, балагьаблъун рикӏкӏунеб лъагӏалил заман гьечӏо. Балагьаблъун ккола инсанас гьабулеб квешаб иш, гӏамал. Аллагьас малъаралда нахърилълъине, исламалъ гьукъаралдаса инкар гьабизе гӏакълу кьеги киназего."}
{"slug": "19944-dua-maarukh-gimishch-bekhri", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19944-dua-maarukh-gimishch-bekhri", "title": "Дуа маарухъ гимищ бехьри?", "date": "2022-09-09 09:44:34", "categories": ["kultur"], "text": "Дир эбелалъул рахъалъан кӏудияв эмен, Чӏородаса Гӏабдурахӏимил Мухӏама хвараб мехалъ, дун жеги гьитӏинав чи вукӏана. Анцӏго сон бан букӏана гӏумруялъул. Дида дов батӏибатӏияв чӏола цеве. Ракӏалда вуго, хаслихъе гӏиял рехъенги цебе къотӏун, магӏардаса гӏурухъе рещтӏунев… Ракӏалда буго гьесул чу, гьесул гьой, гьесул гъалараб вехьасул тӏагъур, гучаб, борхатаб лага-черх, гьесул свери-россен, гьесул калам, гьесул гъасда, цӏадухъ, жинцаго жиндиего ахӏулеб букӏараб кечӏги, кидагосел, лъугӏуларел какалги. Амма, бищунго ракӏалда чӏана гьесул рокъоре ракӏарулел рукӏарал гӏадамал, гъасда накъит, къисаби, маргьаби, махсараби. Кутакаб махщел букӏана кӏудадал гӏадамал хӏайранлъиледухъ хабар бицине. Гӏадамазеги цӏакъ бокьулаан гьесухъ гӏенеккизе. Бицунаан гьес бихьаралъул, рагӏаралъул, мугӏрузда бараб гӏазул, Цӏоралде рукӏарал сапаразул, гӏадамазул, лъугьа-бахъиназул, хӏикмалъабазул… Гӏадамаз бицуна, гьесухъ гӏенеккараб мехалъ, гьабсагӏат жидеда цебе гьеб лъугьа-бахъин лъугьунеб бугеб гӏадаб асар лъугьунаанилан.\nКӏудадал харбазул, хӏалицаго дида ракӏалда чӏана кӏиго хабар. Гьебги дида дос бицунаго бичӏчӏун гуро (гьеб бичӏчӏизе гӏураб бетӏер букӏинчӏо дир доб мехалъ), кӏудада хун хадуб чӏахӏияз бицун. Гьаниб дица бицине буго кӏиябго лъугьабахъиналъул. Цояб — гьитӏинав гӏолохъанчи дир кӏудада гьоболлъухъ санагӏалъи гьечӏеб бакӏалде ккеялъул ва цо кӏудияв чияс хвасар гьавиялъул. Кӏиабилеб – дир кӏудадаца, гӏемерал сонал ун хадуб, кӏудияб ригьалъул чияс, гьединабго бакӏалде ккарав жиндирго гӏолохъанав гьудул хвасар гьавиялъул. Гьеб бицуна гьале гьадин:\nБитӏун завалалде вахарав гӏолохъанчи дир кӏудада вугеб мехалъ, цо кьерхараб роол къоялъ, нуцӏидаги кӏутӏун, жаниве вачӏуна цо чи ва Цӏоралъул лугъаталда кӏалъала:\n— Гьаб щиб росу, дун ккараб бакӏ щиб? – илан.\n— Гьабали Чӏорода бугин… Мун жаниве вачӏа, гьаниб ургъилин киве мун ккун вугевали, — йилан кӏудадаца гьобол тӏаде къабул гьавула. Гьев вукӏуна гьоркьохъеб гӏелалъул чи, магӏарул гьава-бакъалде данде кколареб тӏеренаб ратӏлилъ. Гьесул ретӏелги букӏуна биччун, живгоги вукӏуна квачан соролев. Кӏудадаца печьги бакун рукъги хинлъизабула, бакъвараб, хинаб ретӏелги кьола, кваназеги гьавула, вегизе бакӏги бихьизабула. Радал гьоболас абула, гьадинго тира-сверизе ва мугӏрул гьава цӏазе къватӏиве вахъарав чи вукӏанилан.\n— Валлагь цӏайха, гьудул, гьале дуе мугӏрулги, гьале дуе гьаваги. Я кванил, я регизе бакӏалъул гьаниб щибго ургъел гьабизе кколеб жоги гьечӏо, — ян абула кӏудадаца. Анкьица гьоболлъиги бан вукӏуна гьобол. Цо пуланаб къоялъ сапаралъ вахъуна, хъун бурутӏгун, гьанги белъун, гӏиял хӏанги цадахъ лъун, нуха регӏула кӏудадаца Цӏоралде гьев. Чанго соналдасан кӏудадаги щола гьениве, хасалоялде рукъалъе, квание къваригӏарабтараб босизейилан. Рещтӏуна Белоканалда гӏумру гьабун вугев жиндирго цевегосев гьобол Гъара Халилихъ. Гьал кӏиялго гьалбал гурелги, кӏудиял гьудулзабиги рукӏуна. Кӏудада вачӏиналдаса вохарав Халилица тепси тӏибитӏула ва кинавниги, кӏудада лъалевщинав чи вакӏарула гьелда сверун. Байбихьула магӏарухъ гӏумруялъул цӏех-рех гьабизе. Битӏун киналго данделъун, лъикӏ рукӏаго, тӏаде вачӏуна дов, магӏарухъе вачӏун вукӏарав гьобол. Цӏарги гьесда Ширин букӏуна. Киназего саламги кьун, гьев столалда нахъа гӏодов чӏола. Кӏудада лъугьуна гьасда гьикъа-бакъаризе, рокъове лъикӏ щваравищ, иш кин бугеб рокъосан-къватӏисанилан. Ширин лъугьуна веццаризе гьасие жиндир бугеб берцинаб рукъила, кӏудияб ахила ва бугеб эркенаб гӏумруйила Цӏоралда абун ва цинги, гьаракь борхун тӏаде жубала:\n— Нуж щибизегӏаги гьадал мугӏрузда гӏумру гьабун ругел? Бетӏер бугел чагӏаз гӏумру гьабулеб бакӏ гуро доб! Квешал нухалги, квачараб гьава-бакъги, гӏисинал, санагӏалъи гьечӏел рукъзалги, кин гьададинаб бакӏалда гӏумру гьабулеб? Я инжир бижулареб, я пихъ-мичӏ букӏунареб, гӏантал чагӏи гурони чӏоларо дора, — ян абула. Бащдаб къоялъ чода рекӏунилан, лъабго къоялъ вилълъун бажаруларев кинавалиго къажарас жиндир ватӏаналде ва магӏарулазде гьединал жал аби кутакалда квеш букӏуна кӏудадада, гьоболлъухъги вукӏун, кин гьесда «щвезабилебилан» ццидахун вукӏуна. Гьеб бихьарав ва бичӏчӏарав рукъалъул хважаин Халилица гьикъула Ширинида:\n— Ле, Ширин, дуа маарухъ гимищ бехьри? (Дуда магӏарухъ гамущ бихьарабищ?) — Бихьичӏо, — йилан абула Шириница.\n— Хъазал рихьарали?\n— Рукӏунаро дора ганщалги хъазалги.\n— Битӏараб буго, сухъмахъалда тарани, кьурулъа гъоркье гирун уна доб гамущ. Хъазазухъаги бажаруларо дора рилълъун, хӏухьел гӏечӏого гӏодорги речӏчӏун хола. Гьел рукӏуна гьанир гӏодор, хӏарщулъги герегахъдун, щвара-щвараб чороклъиги кванан. Дора рукӏуна рорхатал кьурабалъан рекерун, кӏанцӏун бажарулел мугӏрул бисал, берциберцинал тӏугьдулги кванан, гӏазул мугӏрузул тӏогьисан дунялалъухъги ралагьун. Дора зодор роржанхъула эркенал, къадруял, чӏухӏарал цӏумал. Гӏадада ун вукӏун вуго мун магӏарухъе. Дур бакӏ гуро доб. Дур бакӏ буго гьаниб — ганщаздаги хъазаздаги аскӏоб. Гьединлъидал, мун мугӏрузда гӏумру тӏамулел бисазеги, цӏумазеги, гӏадамазеги къимат кьезе лъугьунге, — йилан абула гьесда Халилица.\nШирин, битӏахъе, цо данде жаваб гьабизе рес гьечӏеб къуваталъ кӏаркьен чӏварав гӏадин тӏуркӏунги вачӏун, чара хун, вуцӏцӏун чӏола. Кӏудада цӏакъ разилъула магӏарулал гӏодорегӏан гьаризе лъугьарасе гьудулас кьураб гӏакъилаб жавабалдаса. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, нижер тӏомураз, шагьаралдаса яги Цӏоралдаса рачӏун магӏарулазул гӏумру-яшав какизе лъугьарал чагӏазда абула: «Дуа маарухъ гимищ бехьри?» (Дуда магӏарухъ гамущ бихьанищ?), — илан. Киназдаго бичӏчӏула гьеб суалалъул магӏна. Гьеб буго нуж гӏадал чагӏаз гӏумру гьабулеб бакӏ гурин магӏаруллъийилан абулеб жо.\nБелоканалдаса Ширинин абуни, гьелдаса хадувги чанги щвана магӏарухъе: цин гьанилан, цинги гьоцӏойилан, хадувги хӏанилан, амма гьесул батана цойги цӏакъ рекъечӏеб гӏамал. Щибаб нухалъ вачӏингун, гьес балагьула батӏияб росуги, цӏияв гьоболги. Мугӏрузул законазда рекъон, гьобол хисулеб гӏадат гьечӏониги, Цӏоралъулазги гьеб лъикӏаблъун рикӏкӏинчӏониги, гьесул батана гьединаб хисардулеб гӏамал. Тӏаса лъугьун телин, гӏамал камурав чиги вукӏунарелъул, амма дир мунагьал чураяв кӏудадаца гӏемераб бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ, хасго магӏаруллъи какулев чи ккани. Гьесие цӏакъ бокьулаан магӏаруллъи, магӏарул тӏабигӏат, магӏарул гӏамал, жалго мугӏрул ва гьенир гӏумру гьабулел гӏадамал.\nМухӏамад Бисавгӏалиев"}
{"slug": "19946-chirakh-ul-kanl-ukh-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19946-chirakh-ul-kanl-ukh-e", "title": "Чирахъул канлъухъе", "date": "2022-09-09 10:57:45", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Хӏажимухӏамад Жамалудинов гьавуна 1949 соналда, ЧИАССРалъул Ведено районалъул Октябрьское росулъ. 1957 соналда гьезул хъизам гочана ватӏаналде.\nХӏажимухӏамадил эмен Жамалудин хӏалтӏулев вукӏана Бежтӏа росулъ. 1959 соналда, 29 сон барав Жамалудин хвана ва Бежтӏаса цогидал цӏалдохъабигун цадахъ Хӏажимухӏамад витӏана Гъуниб школа-интернаталда цӏализе. «Дида цадахъ интернаталда рукӏана Гӏабдулмажидов Султан, Иманов Ибнухӏажар, Хӏажимухӏамадов Мухӏамад, Гӏумалов Мухӏамад ва гь.ц. Гъуниса тӏолабго интернат гочинабуна Бавтугъаялде. Гьеб букӏана цоги бакӏалда гьечӏел шартӏалги гӏуцӏараб, цӏалуегун хӏухьбахъиялъе ресалги ругеб, берцинго къачӏараб интернат. Ниж цӏалулел рукӏана щуабилеб классалда. Киналго учительзаби рукӏана гӏурусал, магӏишатиял хӏалтӏухъаби – Гелбахъалдаса. Интернаталъул завуч йикӏана цееккун Бежтӏа росдал школалда хӏалтӏарай Нина (фамилия ракӏалда гьечӏо). Гьелъ хасаб хинлъигун тӏалаб гьабулаан нижер», — ан Хӏажимухӏамадица ракӏалде щвезабуна лъимерлъи.\nБавтугъаялда анлъабилеб классалда цӏалулев вукӏаго, Хӏажимухӏамадил эбел гочана гӏагараб росулъе – Азилтӏе. Гьевги, эбелалъе кумек букӏинин абун, тӏадвуссана рокъове ва цӏалана Мокъокъ росдал микьгосонилаб школалда. Гьебги лъугӏизабун, щуявго классцояв цӏализе лъугьана Буйнакскиялда букӏараб Гӏурус-Дагъистаналъул педучилищеялде. Доб заманалда гьениб букӏана лъабго педагогияб училище: ГӏурусДагъистаналъул, Руччабазул ва Аваразул. Гьенирги киналго преподавателал рукӏана гӏурусал. Гьебги лъугӏизабун, Хӏажимухӏамад ана армиялде.\nАрмиялдаса тӏадвуссарав гьев 1971 соналда витӏана Азилтӏа росдал байбихьул школалда хӏалтӏизе. «Школалда вукӏана 15 цӏалдохъан. Дагьал комплектазул школа – цого кабинеталда рукӏунаан ункъабго классалъул цӏалдохъаби ва дицаго кьолаан гьезие киназего дарсалги. Букӏинчӏо ток – цӏалдезеги дарсазде хӏадурлъизеги кколаан чирахъул канлъухъе. Дица гӏемер хӏалтӏизарулаан карточкаби. Кӏиабилеб классалъул цӏалдохъанас ахӏулаан, жинца тӏадкъай тӏубазабунилан ва гьесухъе кьолаан хасаб тӏадкъай бугеб цебеккунго хӏадурараб карточка. Гьебго къагӏидаялда кьолаан цогидазухъеги.\nЦо нухалда, дарсги лъугӏун, кабинеталъуса къватӏиве вахъунаго, нуцӏил кӏалтӏа чӏун ратана Цӏунтӏа РОНОялъул нухмалъулев Жамал Гьиматовги, райметодкабинеталъул нухмалъулев Хӏасан Сулеймановги. Гьел рукӏун руго районалъул школазда халгьабизе рачӏун. Дарсил заманалда дица щиб гьабулеб бугеб, дарсидаса къватӏиве дун кида вахъуневан абун, балагьун чӏун рукӏун руго гьел. Гьединго рачӏана цоги нухалда. Гьезда бихьана дун ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулевлъи ва, хӏалтӏул хӏасилалги рихьун, гьез дун ккезавуна районалъул школазул халгьабулеб комиссиялда гъорлъе», — ян бицана Хӏажимухӏамадица ва тӏаде жубана Хӏасанидаса щванила жиндие махщалил рахъалъ пайдаял дарсалин абун.\nРайкомалдасаги райОНОялдасаги школазда хадуб букӏана гьоркьоса къотӏулареб халкквей – дарсал кьеялъулги, цӏалдохъабазул лъаялъул даражаялъулги, хӏалтӏухъабазул хьвада-чӏвадиялъулги рахъаз. Гьединал халкквеязул хӏасилалда, Хӏажимухӏамадил бажари-гьунарги бихьун, гьев тӏамуна Мокъокъ росдал микьгосонилаб школалъул завучгӏуцӏарухъанлъун. Гьеб хъулухъалда вукӏана 15 соналъ. Хадувккун хӏалтӏана Цебари росдал школалда завучлъун. Доб заманалда райкомалъ хӏисабалде росулаан нухмалъиялъул хъулухъалде тӏамизе мустахӏикъал хӏалтӏухъаби. Гьезда тӏадаб букӏана партиялъ ритӏараб бакӏалда хӏалтӏизе ине. Гьедин номенклатураялъул сияхӏалде ккана Хӏажимухӏамадги. Иргадулаб нухалда гьев витӏана Рекьоб росдал школалъул директорлъун хӏалтӏизе. «Шаури, Азилтӏа, Хъетохъ, Хӏинохъ, Цехокъ росабазул лъимал хьвадулаан Мокъокъ росдал школалде – щуго километралъул манзилалда гӏаздакьги цӏадакьги сухъмахънухдасан рачӏун. Гӏемерал лъимал цадахъго унтулаан ва больницабазде кколаан. Гьенирего хӏалтӏизе хьвадулаан Шауриса учительзабиги. Дида ракӏалде ккана Шаурибго школа рагьизе», — ян бицана Хӏ. Жамалудиновас.\nГьев ана доб заманалда лъай кьеялъул министрлъун вукӏарав Бадави Хӏажиевасухъе. Бичӏчӏизабуна бугеб ахӏвалхӏал ва гьес рагӏи кьуна кумек гьабизе. Шаури букӏана байбихьул школа. Хӏажимухӏамадица, министерствоялъул тӏалабалда рекъон, гьабуна 1-10 классазде рачине кколел лъималазул сияхӏ, ракӏарана цӏалдохъаби унтун рукӏиналъул хӏакъалъулъ справкаби, Шаури росулъ учительзаби ругеблъи тасдикъ гьабулел документал, школа рагьиялъе санагӏатаб мина букӏиналъул хӏакъалъулъ кагътал. Гьел баяналги ракӏарун, хитӏабал ритӏана Дагъистаналъул Министерзабазул советалдеги Лъай кьеялъул министерствоялдеги. Гьеб букӏана 1987 сон. Школа рагьана росдал тукен букӏараб бакӏалда. Росулъ вукӏана 7080 цӏалдохъан. Гьабизе ккана районалъул исполкомалъул хӏукму – школа рагьиялде дандечӏарав чи гьечӏин абураб. Райисполкомалъги рахъккуна Хӏажимухӏамадил хӏаракаталъул ва хӏукму гьабуна Шаури росулъ микьгосонилаб школа рагьизе.\nХӏажимухӏамадица ракӏалде щвезабуна гьадинаб хӏужаги: школалъул печать гьабулаго, гьелда тӏад микьгосонилаб школалъул бакӏалда хъван батана гьоркьохъеб школаян абун. Школалъул отчетал кьезе райОНОялде щведал гурони лъачӏо печаталда гъалатӏ биччан бугеблъи. Гьебго соналда Шаури росдал школалда микьго класс лъугӏизабурал лъимал гьенирго тана ичӏабилеб классалдаги цӏализе. Январалдаса нахъе микьгосонилалъул бакӏалда рагьана гьоркьохъеб школа – ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул ва райисполкомалъул председательлъун вукӏарав Иляс Увайсовасул квербакъиялдалъун.\nЦӏи рагьараб школалъе къайиги цӏалул тӏахьалги ралагьизе Хӏажимухӏамадие кумек гьабуна Салтанат Мирзабековалъ – Бавтугъаялъул интернаталда гьесие биологиялъул дарсал кьурай учительница гьанже йикӏана Махӏачхъала шагьаралъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулейлъун. Гьелъ тахшагьаралъул директорзабазда лъазабуна, Цӏунтӏаса директорасе бажарараб кумек гьабеян абун.\nХӏ. Жамалудиновас 41 соналъ кьолеб буго Цӏунтӏа районалъул цӏалдохъабазе лъайги тарбияги. Районалъул гӏемерисел школазда хӏалтӏулел руго гьесул рукӏарал цӏалдохъаби. Гьабсагӏаталда Хӏажимухӏамад хӏалтӏулев вуго географиялъул учительлъун ва Шаури росдал гьоркьохъеб школалъул завучлъунги. Гьесги хъизаналъги цадахъ гӏумру гьабулеб буго 47 соналъ. Кӏиявго учителас гӏезабуна ва лъикӏаб лъайгун тарбия кьуна щуго лъимадуе. Гьезул гӏемерисез тӏаса бищана медицина. Кӏудияв вас хӏалтӏулев вуго Майкопалда, рагъулаб госпиталалъул начальниклъун. Кӏиго яс хӏалтӏулей йиго медсестралъун. Цоги вас цӏалулев вуго рагъулаб медицинаялъул академиялда. Гьесул лъималазул руго щуго васги 14 ясги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "19947-tiekhi-barab-tso-chakh-datsa-rekh-engo-khvezabuleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19947-tiekhi-barab-tso-chakh-datsa-rekh-engo-khvezabuleb", "title": "Тӏехӏ бараб цо чахъдаца рехъенго хвезабулеб", "date": "2022-09-09 11:11:03", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Тӏолабго Россиялъул халкъазда лъала дагъистаниял гьалбадерил къимат гьабулел чагӏи рукӏин. Амма, гьацӏулъ хӏеги хӏанилъ расги камуларин абулелъул, камулел гьечӏо гьединаб лъикӏаб гӏадат хвезабулелги.\nВацапалдасан бихьараб цо видеоялъ цӏакъ квешаб асар гьабуна диеги аскӏор рукӏаразеги. Гьениб бихьана цӏакъго рагьараб ратӏлилъ кванил нигӏматалда хадуй тукаде ячӏарай гӏолохъанай туристкаялде, толохӏочго къватӏие яхъине нечоларищ мун, хъурумсахъанинги абун, хъубал рагӏабаздалъун семулев нилъерав. Гьеб ахӏи-хӏуралда гӏей гьабун чӏечӏого, гьес гьобол тукадаса къватӏиеги ячахъана.\nГьединал, умумулъанго нилъее щвараб гьоболасул адаб гьабиялъул берцинаб гӏадатги хвезабун, хьвада-чӏвадиялъе гьаниб чӏезабураб низам кьваризабизеян лъугьарал чагӏазда ракӏалде щвезабизе бокьун буго умумузул букӏараб ва ясбер гӏадин жакъаги нилъеца цӏунун бугеб гьоболлъиялъул гьайбатаб гӏадат.\nДагъистанияз цӏунун буго «гьоболасул напс кӏодо гьаби». Киса вукӏаниги, щив чи вугониги, гьоболасул диналъухъ балагьичӏого, миллат цӏехечӏого, тӏоцебесеб иргаялда, нилъее гьобол ккола Гьобол. Цебе заманалдаса нахъего гӏадамаз абула гьобол къабул гьави – хважаинасе кӏудияб яхӏ-намусалъулаб иш бугилан. Гьобол къабул гьавизе нилъ хӏадургоги рукӏуна кидаго. Цо-цо росабазул жамагӏатазул букӏана берцинаб гӏадат: хъизам кваназе гӏодоб чӏарабго, гьобол вачӏани букӏинеян, кванил цо бутӏа нахъе цӏунун толеб.\nБатӏияб росулъе щведал, сапаралда вугев годекӏаниве вачӏунаан, гьениса цевеккарас, гьобол хӏисабалда, жиндихъего вачунаан. Цо чанго нухалъ росулъ гьоболлъи барав рикӏкӏунаан тӏохол гьоболлъун.\nСардил кватӏараб гӏужалъ вачӏарав гьоболасул ихтияр букӏана цебеккараб рукъалъул нуцӏида кӏутӏизе. Абула «Гьобол – Аллагьасул вакил. Гьобол вокьуларесул бокьобе гӏазу багиян». Кициги гьечӏищха, «Гьобол вачӏунареб къо бачӏунгегиян» абураб.\nРакъарал соназда цо-цо жамагӏатазул гӏадат букӏана, ирга бан, гьалбал къабул гьарулеб, гьидерица гьелда «гьобол богъи» абулаан. Бегавуласул вакилас «гьав нужер гьобол ккола» абун вачӏарав чи щвезавулаан ирга щварав чиясул рокъове. Гьоболасдаса инкар гьабурав чиясухъа гӏакӏаги бахъулаан.\nЦӏунтӏа цо росдал басрияб минаялъул ганчӏил къоноялда тӏад хъван буго: «Рецц бокьун, цӏар къваригӏун бараб гуро гьаб мина, къиматал гьалбал къабул гьаризе, свакарал нухлулазе тӏубараб хӏалхьи букӏиналъе бараб буго. Гьалбал ккола гьаб ригьалъул бетӏергьаби. Минаялъул бетӏергьан, цӏуне гьалбал ва хъулухъ гьабе гьезие лъабго къоялъ, гьел гьаб минаялъул хважаинзабилъун лъугьинегӏан. Биччанте дур минаялда аскӏосан гьобол инчӏого вукӏине», — ян.\nКумек гьарун вачӏарав бидул тушманасда хадурцин цӏунулаан гьоболасул ихтиярал.\nМагӏарулазул гӏадат букӏана, гьобол сундениги хӏажалъиялда тезе бегьуларин абураб. Масала, гьидерил щибаб рокъоб цӏунун букӏунаан «гьоболасул кӏач (тӏимугъ)», гьеб ретӏине кьолаан хасало вачӏарав гьоболасухъе. Гьидалъ гӏадат букӏинчӏо, лъабго къо бан хадуб гурони, гьоболасда цӏар ва гьесул мурад цӏехолеб. Хадуб гьесулгун хабар букӏунаан хъизамалъул чиясулгун гӏадаб. Гьобол къварид гьави, гьесда хъачӏаб рагӏи аби рикӏкӏунаан хважаин хӏакъир гьавилъун, гьединав жагьилав чиясдаса гьес къисас босизе кколаан. Хважаинас гуребги, кумекалъе гьоболасда кверчӏвалаан ва гьесул рахъкколаан тӏолабго жамагӏаталъ. Батӏияб миллаталъул гьоболасда аскӏор кӏалъалаан гьесда бичӏчӏулеб мацӏалда.\nМагӏарул росабалъ гӏадат букӏинчӏо гьоболасдаса лъудби ва ясал рахчулеб. Гьоболасул гӏумруялъе кинабгӏаги хӏинкъи бугони, хважаинасда тӏадаб букӏана лъалиниса ханжар къватӏибе цӏазе.\nМагӏарулас гьобол киданиги виччалароан чӏорогоял хулжалгун. Гьезда жаниб лъолаан чед, гьан, хӏан ва, гьитӏинаб бугониги, сайгъат. Гӏадаталда рекъон, гьесие нух битӏулаан росу рагӏалдасан, гьениве щвезегӏан хважаин унаан гьоболасда цеве-цеве, хадуб гьесул чуги цӏан. Гьелъул магӏнаги кколаан гьобол жиндир къайимлъиялда вугин абураб.\nРосулъ гьобол нагагь хвани, гӏадат букӏана, хъвезе оцги бачун, садакъа-вакъпуялъе къваригӏунебги баччун, жаназаги босун, гьеб росдал жамагӏаталъул бихьинал гьесул росулъе зигара базе унеб.\n«Рикӏкӏадал улкаби гӏагар гьарураб, заман букӏанадай гьанже гӏадинаб» абун, шагӏирас абухъе, жакъасел ресаздалъун цоцаде гӏагарлъун руго шагьаралги росабиги. Цере шагьаразде ва рикӏкӏадал росабалъе сапаралъ чуязда, гьаказда унел чагӏаз нухда балаан чамалиго къо. Къаси рещтӏине кколаан гьоболасухъ. Жакъайин абуни, машинабаз гьеб нух толеб буго кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб ва сапаралъ унезе нухда ругел росабалъ гьобол къваригӏунев гьечӏо. Амма нилъеда киназдаго тӏадаб буго, тӏадехун рехсараб умумузул гьайбатаб гӏадаталъул мисалалда рекъон, гьоболасул хӏурматги, умумузуз малъулеб куцалда сапарчагӏазул адабги гьабизе.\nРеспубликаялъул нухмалъиялъ абулеб буго, Дагъистаналда туризм цебетӏезабизе кколилан. Дагъистан тӏегьазабиялъе квербакъизе бугеб гьеб лъикӏаб нигат гӏумруялде бахъинабиялъе кумек гьабизе тӏадаб буго щивав дагъистаниясда. Гьайгьай, гьеб мурадалда цӏигьабизе ва жеги гучлъизабизе ккола, Дагъистаналде рачӏунел киналго туристаз беццулеб, гьалбадерил къимат гьабиялде ахӏулеб нилъер умумузул гӏадат. Дагъистаналде туристал рачӏуна гӏарац хвезабизе, гьезул баракаталдалъун цӏикӏкӏуна гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал, къачӏала нухал ва тарихиял бакӏал, чӏаголъула даран-базар, ресалде ккола дагъистаниял… Квеш ккараб жо буго, цо-цо чагӏазда гьеб бичӏчӏуларого, рухӏияб ва гӏадатазулаб рахъалде гурони, гьез кӏвар кьоларого букӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабула батӏияб диналъул, батӏияб тарбиялъул, батӏияб ретӏа-къаялъул гӏадан нилъер жагьилчияс доб тукадаса къватӏие ячахъиялъ. Гьединал ишал гьарулел чагӏи нилъеда гьоркьор камулел гьечӏо. Исламияб рахъалъул хӏисаб гьабе, светияб къагӏида босе, лъил ихтияр бугеб, жинсияб рахъги хӏакъир гьабун, хъачӏго, гьоболлъухъ ругел туристазде семизе?! Гьел ккола нилъер ГЬАЛБАЛ…\nЛъикӏ буго, жагьилчияс чӏужугӏадан хӏакъир гьаюна ва, ца таралъ мегӏер толин абухъего, социалиял гьиназдасан кисакибго гьеб «бахӏарчилъи» бихьана. Щибха гьелъул ккараб?! Щиб ккелеб, дагъистанияздехун букӏараб лъикӏаб пикруялда чорокаб цӏал кьабуна. Щиб лъалеб, гьитӏинаб хъублъиялъул къатӏраялъ тӏубараб гьацӏул хъаба хъублъизабулебго гӏадин, туристал хӏинкъизе бегьула Дагъистаналде рачӏине, дагьлъизе бегьула нилъехъе рачӏунезул къадар.\nРита абулей гӏаданалъ социалиял гьиназда хъвалеб буго: «Хӏурматиял дагъистаниял, мугӏруздаса гӏодоре лъугьа, культура босе. Гьабсагӏат гьаниб бугеб сурат цӏакъ пашманаб буго. ДИР ОТПУСК ХВЕЗАБУНА. Киналго лъалел чагӏазда дица абила киданиги гьанире унгеян, гӏадада заман чӏвагеян ва гӏарац хвезабугеян».\nВероника абулей гӏаданалъ хъвалеб буго: «Шортал ретӏунин, жа гьекъолеб бугин абун, туристазда тӏад релъун, гьезда хъубал рагӏаби абун, ниж хӏакъир гьарулел руго цо-цо дагъистанияз. Гьанире рачӏинчӏониги, туристал къваригӏарал, нижее рахӏатги парахалъиги чӏезабулеб бакӏал гӏемерал руго, гьудулгьалмагълъиги бачун, хадусел соназ гьение ина дун».\nХӏурматиял гьудулзаби, гьаб макъалаялда борхулеб бугеб масъалаялда тӏасан нужер пикру кинаб бугеб? Туристаздехун цоцо нилъер чагӏи хъвалсан ралагьиялъе нужеца кинаб къимат кьолеб?\nНури Нуриев"}
{"slug": "19963-egipetalda-vugonigi-raki-dag-istanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19963-egipetalda-vugonigi-raki-dag-istanalda", "title": "Египеталда вугониги, ракӏ – Дагъистаналда", "date": "2022-09-12 07:40:05", "categories": ["gara"], "text": "Бокьула дирго гӏелцоялгун, гӏолилалгун гара-чӏваризе, гьезул пикрабиги сверухъ бугеб дунялалдехун бугеб бербалагьиги дандекквезе.\nЦадахъ хӏалтӏулей Патӏимат Гьитӏиновалъ бицана, цо къоялъ нилъехъе, Египеталда гӏумру гьабун вугев, бащдав магӏарулав, кутакалда Дагъистанги магӏаруллъиги хирияв гӏолилав вачӏине вугин. Гьелъ гьедин бицаралдаса нахъе кӏудияб гъира букӏана гьевгун дандчӏвазе, бицунелъухъ гӏенеккизе, гьесие суалал кьезе.\nВа гьале — итни къоялъ рачӏана Махӏмуд Хӏосаммудинги гьесул эбел Мариямги.\nП. Гьитӏиновалъ цебеккун хъванги букӏана Мариямил гӏажаибаб къисматалъул хӏакъалъулъ. Лъаратӏа районалда гьаюрай ва гӏурай Мариям, цӏализе Египеталде арай гӏадан, гьенийго хутӏана. Къисматалъ гьелъие сайгъат гьарурал хазинабазул цоявлъун кколев Махӏмудги вачун ячӏана гьей редакциялдеги.\n«Махӏмудие цӏакъ бокьула Дагъистан. Щуго сонгӏаги букӏана гьев гьаниве щвечӏелдаса. Чӏезе кӏоларого, яхӏ хун вукӏана, Дагъистаналъухъ урхъун. Санайил киналго цадахъ рачине ресги санагӏатги кколаро. Исанаги Дагъистаналде ине щвечӏони, цӏали гьабизе къуватги сабруги гӏезе гьечӏин жиндирин абуна Махӏмудица», — ян бицана Мариямица.\nМахӏмудихъа эркенго гаргадизе бажарулеб бугоан ингилис ва гӏараб мацӏазда, мадар гьабулеб букӏана гӏурус ва магӏарул (эбелалъул росулъ бицунеб къагӏидаялъ) мацӏ бицинеги.\n— Махӏмуд, сундехун дур цӏайи бугеб? Кинаб хӏалтӏи-пиша рекӏее гӏолеб?\n— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе анищ буго пилотлъун вахъине. Бокьун букӏана байбихьудасаго гьениве лъугьине, амма инсуца абуна цин инженериялъе лъикӏаб кьучӏ лъейин. Хадуб гьелъиеги цӏализе хьул буго.\nРекӏее гӏола инженерияги. Гьабсагӏаталда дун цӏалулев вуго Египеталда бугеб Британиялъул университеталъул филиалалда компьютернияб инженериялъул факультеталда. Дун вахъана кӏиабилеб курсалде, тӏоцебесеб курс лъикӏал къиматазда лъугӏизабуна. Гьединлъидал, исанасеб цӏалул сон щуго проценталъ учузгоги гьабуна гьез дие.\nБокьун букӏана Москваялда ялъуни Санкт-Петербургалда цӏализе. Амма инсуца абуна гьанивго чӏани лъикӏ букӏинилан.\n— Гӏолилазе церетӏеялъе чӏезарурал шартӏал мун разиял ругищ?\n— Египеталдаги ресал гӏезегӏан руго, амма гьанир ругел шартӏал гӏемерго лъикӏал ругин ккола.\n— Гьанир ва нужер дора ругел гӏолилазда гьоркьоб дуда бихьулеб батӏалъиго бугищ?\n— Дагъистаналда, Москваялда, Белоруссиялда руго дир гӏезегӏан гьудулзаби. Гьанир ругезе цӏикӏкӏун спорт бокьула, добайин абуни гьелдехун руссунел гӏемер рукӏунаро. Цӏалуде гъира, церехун ине шавкъ бугел гӏолилал гьанирги гӏемер халлъулел руго. Щайин абуни, цӏали лъугӏун хадуб, гьаниб киб букӏаниги хӏалтӏи щола, гӏолохъабаз щиб гьабунги, жидеего чӏаголъи гьабула. Доба гьеб рахъалъ захӏматго букӏуна. Цӏали лъугӏун хадуб, хӏалтӏи щунгутӏиялъ, гӏолилал дора-гьанир тира-сверулел рукӏуна. Лъаялдегун цӏалуде гъира бугел гӏолилал дораги гӏемер руго. Амма гӏемеразул рес гьечӏо сунде ругониги руссине.\n— Рухӏияб культура киназул цебетӏураб бугин толеб дуца?\n— Дагъистаналда, доба бугелдаса, цоцазде бугеб адаб-хӏурмат цӏикӏкӏараб буго. Культураги гьаниб цебетӏураб бугин ккола.\n— Спорталъул кинал тайпабазул дуе интерес букӏунеб?\n— Анцӏго соналъ хьвадана дунги дир вацги лъим ххай лъазабиялъул секциялде. Гӏахьаллъана гӏезегӏан къецаздаги. Каиралъул, Александриялъул чемпионатазда призалъулал бакӏалги росана. Египеталъулазе цӏакъ бокьула футбол. Амма церетӏуразул тайпабазул цояллъун ккола лъим ххай, гандбол, сквош.\n— Культураялъул кинал тайпабаздехун цӏайи букӏунеб Египеталъул гӏолилазул?\n— Культураялъул рахъалъ дора гӏадамал церетӏурал руго. Гьезие цӏакъ бокьула кечӏ ахӏизе, гӏемер хьвадула театразде. Университеталда рукӏунел культуриял кружоказдаги гӏахьаллъула гӏолилал. Диегоги бокьула театр. Гьитӏинаб мехалъ, магӏарухъе щвезе арав дун, цо нухалъ Авар театралъул спектаклялдеги ун вукӏана. Гьебги дие цӏакъ рекӏее гӏуна.\n— Динияб рахъалдехун цӏакъго кӏвар кьолеб батила Египеталда?\n— Кьола. Букӏине кколеб хӏалалъ динги гьабун, битӏараб нухдасан унел гӏемер руго. Амма камуларо, гъваридго кинабгоги бичӏчӏичӏого, жидерабго билълъинабулелги.\n— Туристазул ретӏа-къаялдехунги хьвада-чӏвадиялдехунги кинаб бербалагьи букӏунеб?\n— Курортал гӏемерал ва туризм цебетӏурал Египеталъул цо-цо шагьаразда бокьараб хӏалалъ ретӏа-къан рукӏуна. Жибго Каиралда гьелъул рахъалъ кьвара-гъари букӏуна. Керен-бетӏер цебелъураб ретӏа-къай доба данде кколаро. Гьенир гӏемерал насраниял руго, амма гьезулги гӏорхъолъа араб хьвада-чӏвади букӏунаро. Гьедин ретӏа-къарав чи вихьани, бадибчӏвайги гьабула гӏадамаз.\nАмма, дир пикруялда, инсанас гьабулеб зарал гьечӏелдаса нахъе, гьесда хӏал гьабун, ретӏакъазеги рукӏа-рахъинеги малъизе кколаро. Вукӏа-вахъиналъул жаваб щивав чияс жинцаго кьола. Нилъехъе гьоболлъухъ рачӏарал чагӏазе гьумер бухӏараб бадибчӏвай гьабуни, гьел рикӏкӏалъизе руго. Цӏакъго гьукъараб иш гьабулеб бугони, берцинго бичӏчӏчӏизаби — гьеб батӏияб иш буго.\nИнсуца нижги гӏодор чӏезарун бицуна нижеда бегьулелъулги бегьуларелъулги. Гьеб киналъулго хӏисабги гьабун, бокьараб нух тӏаса бищизе рес кьола.\nДин буго нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб жо. Цогидаб гьенибе гьоркьобе бачине бегьуларо.\n— Дур гӏелцоял-египеталъулазда Дагъистаналъул хӏакъалъулъ лъалищ?\n— Гӏемерал машгьурал гӏадамазул Ватӏан хӏисабалда гьенир ругездаги лъала Дагъистан. Дицагоги бицуна гьезие. Руго чанги Дагъистаналъухъ рокьи ккаралги, нилъер тарихалъул интерес бугелги. Масала, дида дандчӏван вукӏана Шамилил гӏумрудул тарих лъикӏ лъалев чи. Гьес бицана жинца гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъазабулеб бугин гьебин. — Гӏемерал машгьурал гӏадамазул Ватӏан хӏисабалда гьенир ругездаги лъала Дагъистан. Дицагоги бицуна гьезие. Руго чанги Дагъистаналъухъ рокьи ккаралги, нилъер тарихалъул интерес бугелги. Масала, дида дандчӏван вукӏана Шамилил гӏумрудул тарих лъикӏ лъалев чи. Гьес бицана жинца гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъазабулеб бугин гьебин.\nГьанжесел гӏолилазда Дагъистан лъала Хӏабиб Нурмухӏамадовасул Ватӏан хӏисабалда. Руго блогер Хасбик лъалелги. Расул Хӏамзатовги лъаларищха. Гьениб гьесие бараб бюстги буго.\n— Щай мун ракӏалъ гьаб хӏалалъ Дагъистаналде цӏалев? Щиб дуе гьаниб рекӏее гӏолеб?\n— Египеталде дандеккун, гьаниб рацӏцӏа-ракъалъиги, сундулъго низамги буго. Масала, дора цӏакъго кӏудиял, аслиял нухазда гурони, светофорал рукӏунаро. Гьанир гали бахъа-бахъаралъур гьел рукӏин рекӏее гӏола. Гьебги инсанасул адаб гьабилъун рикӏкӏуна.\nГьанир ругел гӏадамазул рукӏа-рахъинги хьвада-чӏвадиги буго батӏияб.\nШагьаралдаса цӏикӏкӏун магӏарухъ кӏодоэбелалъул доба бокьула. Магӏарухъе щведал, рекӏелъе батӏияб эркенлъи рещтӏуна, бокьула сверухъ бугеб тӏабигӏаталдехун пикрабиги машгъуллъизарун вукӏине. Лъикӏаб хӏухьбахъи ккола гьаниб. Масала, дие цӏакъ бокьула цӏад. Доба къанагӏат гурого баларелъул.\nДида берцин бихьула магӏарул кьурдиги кечӏ-бакъанги. Квентӏехги цӏакъго бокьиларищха. Добаги эбелалъ нижее зама-заманалдасан гьарула магӏарул квенал.\nДагъистаналъул цӏар бахъидал, ракӏалде рачӏуна мугӏрулгун гӏоралги, буртина ретӏарав, бухари лъурав магӏарулавги.\n— Хадубккун Дагъистаналда гӏумру гьабун чӏезе къасд бугищ дур?\n— Цӏакъ бокьилаан. Гьанив, сверухъе балагьараб мехалъ, гьабги гьабилаан, гьабцоябги гьабилаанин абурал гӏемерал пикраби рачӏуна ботӏролъе. Масала, гьанир разе бегьула кӏудиял дармилал кӏалгӏаби. Гӏадамазе руссине бакӏги букӏина, гӏолохъабазе хӏалтӏиги щвела. Рачӏарал туристазеги щвалде щварал шартӏал рихьулел гьечӏо. Масала, лъикӏал, киналго шартӏал чӏезарурал отелал. Гьединго, бегьулаан канаталъул нухал гьаризе. Дун гьеб киналдаго тӏад ургъулев вуго, пикрабиги анищалги гӏемер руго.\nГара-чӏвари гьабуна Мухӏамад Манаповас."}
{"slug": "19989-dryal-ul-khiukumatal-ul-nukhmal-ulev-giabdulmuslim-giabdulmuslimovas-bol-ikh-rajonal-ul-betierl-un-vukiarav-giumarkhiazhiev-mukhimad-k-adaralde-shchveyalda-ban-zigara-bana-gesul-giaga-bozharazda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=19989-dryal-ul-khiukumatal-ul-nukhmal-ulev-giabdulmuslim-giabdulmuslimovas-bol-ikh-rajonal-ul-betierl-un-vukiarav-giumarkhiazhiev-mukhimad-k-adaralde-shchveyalda-ban-zigara-bana-gesul-giaga-bozharazda", "title": "ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, Болъихъ районалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏумархӏажиев Мухӏамад къадаралде щвеялда бан, зигара бана гьесул гӏага-божаразда", "date": "2022-09-14 09:21:38", "categories": ["pashmanab-khabar"], "text": "Хӏукуматалъул нухмалъулес бараб зигараялда хъвалеб буго:\n«ДРялъул хӏукуматалъул ва дирго рахъалдасан зигара балеб буго Гӏумархӏажиев Мухӏамад Узарханович къадаралде щвеялда бан, гьесул гӏага-божаразда.\nГьев вукӏана кутакалда лъикӏав инсан. Гьесул аслияб мурадги букӏана нилъер республика, тӏолабго Россия цебетӏей, ракьалда рекъел ва парахалъи цӏуни. Гьеб мурадалъе гӏоло къеркьолевги вукӏана гӏумруялъго.\nЛъикӏав инсан гуревги Мухӏамад вукӏана жиндирго иш лъалев нухмалъулевлъунги ва районалъе бетӏерлъи гьабулеб заманалда гӏемераб хӏалтӏи гьабуна Болъихъ районги районалъул жамагӏаталъул гӏумру-яшавги цебетӏезабиялъе.\nМухӏамад Узарханович вукӏана кьураб рагӏуе хилиплъуларев, тӏаде босараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалев, унго-унгояв профессионал. Гьес киданиги абулароан гьаб пуланаб иш дихъа бажаруларин. Абулаан бажаризабизе бугин. Гьев вукӏана кутакалда тавакалав инсан.\nАллагьас алжаналъул агьлулъун гьавун ватаяв Мухӏамадги гьесул ишалги нилъеда киданиги кӏочене гьечӏо», — ян."}
{"slug": "20013-amma-betier-dalichio-dag-istanal-l-iego", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20013-amma-betier-dalichio-dag-istanal-l-iego", "title": "Амма бетӏер даличӏо Дагъистаналъ лъиего", "date": "2022-09-16 06:52:39", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Туристазе некӏсияб Дербенталъул бицунев вукӏарав цо гӏолохъанчи-гид хъулухъалдаса нахъе вахъана сон-церекъад.\n«Я не понимаю, что делает Дагестан в моём Дербенте?» — абун вугоан гьев цо видеоялда. Чанабилебали гӏасруялда баят абураб къавм Дербенталде гочун бачӏиндал, я Дагъистан, я Азербайжан букӏинчӏила. Гьев чи дагъистаниял рикь-рикьизаризе хӏалал рихьулев провокатор яги щвалде щун тарих лъаларев чи вугин жаваб кьуна гидасе тарихчагӏаз.\nГьелда бан ракӏалде бачӏана цо бицен.\nГьанжего-гьанже цӏали-къали гьабизе лъараб мех букӏана дида жулил хӏакъалъулъ бицен рагӏараб заман. Нужер щивасдаги лъалеб батиларищха гьеб – беке гьаб абун, инсуца васасухъе кьураб жул, цо-цо хьоп ккун гурони, цадахъго гьесда бекизе кӏвечӏолъиялъул хӏакъалъулъ.\nЧан гӏасруялъ цебехун ургъараб бицен гьебали лъаларо, амма мацӏалъул, маданияталъул ва рукӏа-рахъиналъул рахъалъ кигӏан нилъ батӏи-батӏиял ругониги, жакъа къоялъги цӏунун хутӏун буго нилъелъ (Дагъистаналъул халкъазулъ) цолъи, къо ккаралъур цоцазе хӏалае рахъин. Гуребани, цогидал халкъал, империял киннигин, лъугӏун, тӏагӏун инаан дангъура цӏурал гӏанасел нилъер миллатал. Гьедин цохӏо Европаялдацин тӏагӏун буго чанго азарго батӏияб миллат – иллирийцал, васконал, дакал, фракийцал…\nГьезулго гӏадаб ахир ккезе бегьулаан 281 соналъ цебе нилъер республикаялъул халкъазулги\nАллагьасул талихӏалъ, «гьидгимо къаралал, къелгимо тӏекьал, багулал, чӏамалал, кӏкӏаралал, тӏиндал, анкьракьал, хьиндалал, тӏолго нахъбакӏал, Хунзахъ Дайтилал» ва жеги рикӏкӏен гӏемерал боял тӏаде щун, «Цӏоралъул курада керен цузегӏан», «агъалдасан чакма бидул цӏезегӏан» магӏарулаца Надир-шагь хъамун вукӏинчӏевани.\nХалкъияб кочӏолъ магӏарулацаян хъваниги, тарихчагӏаз абула бащдаб дунял кверде босарав Ираналъул шагьасда данде рагъанин гьанжесеб Дагъистаналда гӏумру гьабулел киналго халкъазул боял абун.\nБицуна, Гӏандаллъиялда бергьенлъи босараб рагъул хабар рагӏидал, Истамбулалда фейерверкал риччанила, Санкт-Петербургалда Европаялъул пачалихъазул дипломатазда баркулеб букӏанилан.\nГьеле гьелъул хӏурматалда 15 сентябралда нилъер Дагъистаналъ дир ватӏаналда кӏодо гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо.\nАмма гьеб байрам кӏодо гьабиялъе кьучӏлъун Надир-шагь щущахъ виххизави кканиги, гъункигун щулалъиялъул мисалал нилъер ракьцояз рихьизаруна нус-нус соназ цебеги, имам Шамилил бодулъги, 1999 соналда Дагъистаналде халкъазда гьоркьосел хъачагъал рачӏиндалги."}
{"slug": "20014-kibertsiogazdasa-tsiodorl-i-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20014-kibertsiogazdasa-tsiodorl-i-gabe", "title": "Киберцӏогьаздаса цӏодорлъи гьабе", "date": "2022-09-16 06:55:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда «Дагъистан-РИАялда» тӏобитӏана «кибер мошенниказул» «хӏаракаталъул» бицараб пресс-конференция. Гьенир гӏахьаллъана «Россиялъул Банкалъул» ДРялда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мурад Идрисов ва ДРялъул МВДялъул хӏалтӏухъан Тимур Хӏажиев.\nИсана тӏатинабун буго гӏадамазул банкалъул картабаздаса гӏарац бикъиялъул 211 азарго хӏужа.\nИдрисовас бицухъе, телефоназул макручагӏазул пиша хутӏулеб буго жакъа къоялъ бищун машгьураблъун. Жалго мурадалде щвезе гьез хӏалтӏизабулеб буго царалаб макрулъиги илбисалъул мацӏги. Бокьараб жо бицун божизарулел руго гьез гӏадамал.\nТимур Хӏажиевас бицаралда рекъон, исана апрель-июнь моцӏазда жаниб, «Россиялъул Банкалъ» ургъун буго гьединал такъсирчагӏи чӏегӏераб сияхӏалде рехулеб чанго батӏияб къагӏида.\nБищун гӏемерал «кибертакъсирчагӏи» раккун рачӏунел руго Латвия ва Чехия гӏадал пачалихъаздаса."}
{"slug": "20015-kibertsiogazdasa-tsiodorl-i-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20015-kibertsiogazdasa-tsiodorl-i-gabe", "title": "Киберцӏогьаздаса цӏодорлъи гьабе", "date": "2022-09-16 06:55:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда «Дагъистан-РИАялда» тӏобитӏана «кибер мошенниказул» «хӏаракаталъул» бицараб пресс-конференция. Гьенир гӏахьаллъана «Россиялъул Банкалъул» ДРялда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мурад Идрисов ва ДРялъул МВДялъул хӏалтӏухъан Тимур Хӏажиев.\nИсана тӏатинабун буго гӏадамазул банкалъул картабаздаса гӏарац бикъиялъул 211 азарго хӏужа.\nИдрисовас бицухъе, телефоназул макручагӏазул пиша хутӏулеб буго жакъа къоялъ бищун машгьураблъун. Жалго мурадалде щвезе гьез хӏалтӏизабулеб буго царалаб макрулъиги илбисалъул мацӏги. Бокьараб жо бицун божизарулел руго гьез гӏадамал.\nТимур Хӏажиевас бицаралда рекъон, исана апрель-июнь моцӏазда жаниб, «Россиялъул Банкалъ» ургъун буго гьединал такъсирчагӏи чӏегӏераб сияхӏалде рехулеб чанго батӏияб къагӏида.\nБищун гӏемерал «кибертакъсирчагӏи» раккун рачӏунел руго Латвия ва Чехия гӏадал пачалихъаздаса."}
{"slug": "20016-kibertsiogazdasa-tsiodorl-i-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20016-kibertsiogazdasa-tsiodorl-i-gabe", "title": "Киберцӏогьаздаса цӏодорлъи гьабе", "date": "2022-09-16 06:55:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда «Дагъистан-РИАялда» тӏобитӏана «кибер мошенниказул» «хӏаракаталъул» бицараб пресс-конференция. Гьенир гӏахьаллъана «Россиялъул Банкалъул» ДРялда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мурад Идрисов ва ДРялъул МВДялъул хӏалтӏухъан Тимур Хӏажиев.\nИсана тӏатинабун буго гӏадамазул банкалъул картабаздаса гӏарац бикъиялъул 211 азарго хӏужа.\nИдрисовас бицухъе, телефоназул макручагӏазул пиша хутӏулеб буго жакъа къоялъ бищун машгьураблъун. Жалго мурадалде щвезе гьез хӏалтӏизабулеб буго царалаб макрулъиги илбисалъул мацӏги. Бокьараб жо бицун божизарулел руго гьез гӏадамал.\nТимур Хӏажиевас бицаралда рекъон, исана апрель-июнь моцӏазда жаниб, «Россиялъул Банкалъ» ургъун буго гьединал такъсирчагӏи чӏегӏераб сияхӏалде рехулеб чанго батӏияб къагӏида.\nБищун гӏемерал «кибертакъсирчагӏи» раккун рачӏунел руго Латвия ва Чехия гӏадал пачалихъаздаса."}
{"slug": "20017-bakhiarzaze-k-ulana-betier", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20017-bakhiarzaze-k-ulana-betier", "title": "Бахӏарзазе къулана бетӏер", "date": "2022-09-16 06:59:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана Рфялъул Миллияб гвардиялъул Балашиха шагьаралда бугеб госпиталалде. Сапаралъул мурад букӏана госпиталалда ругел дагъистаниязде – Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул гӏахьалчагӏазде ваккизе щвей.\nДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул рахъалдаса лъукъарал аскариязе баркала кьуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас, гьарана гьезие щулияб сахлъи ва абуна, нагагь киналгӏаги квалквал-квекӏенал кколел ругони, кумек гьабизе хӏадураб буго республикаялъул нухмалъиян абун. «Нужеца гьабураб ва фронталда ругез жакъаги гьабулеб бугеб иш щивав чиясухъа гуро бажарулеб. Инсан вижудасаго хӏадурлъуларо бахӏарчилъиялде, рагъухъанлъун вукӏин – гьеб бессун букӏуна бихьинчиясул чорхолъ. Гьелъие къваригӏуна хасаб яхӏ, къвакӏи. Дица бетӏер къулула нужеда цебе ва ургъел гьабула нужер сахлъиялъул, щайгурелъул нуж руго нижер вацал. Нижее кӏудияб пашманлъилъун буго нужгун рукӏарал аскариязул цо-цоял гӏумруялдаса ратӏалъи.\nНужер щивасда нахъа буго хъизам, тухум, кьибил, гӏагараб росу, Дагъистан. Бокьун буго нужеда абизе: ниж кидаго нужеда хьолбохъ руго. Нижеда цебечӏараб аслияб масъала буго сундулъго нужее квербакъи, хӏажаталъур хӏалае рахъине къачӏан рукӏин», — ан бицана хӏукуматалъул председателас.\nГьев дандчӏвана госпиталалъул нухмалъулелгун. Гьес тохтурзабазеги госпиталалъул тӏолго хӏалтӏухъабазеги баркалаги кьуна – нилъер рагъухъабазул тӏалаб гьабиялъухъ."}
{"slug": "20018-magiarul-chiyali-changi-vag-arav-chol-koloda-zhanib-musrugi-zhemun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20018-magiarul-chiyali-changi-vag-arav-chol-koloda-zhanib-musrugi-zhemun", "title": "Магӏарул чияли чанги вагъарав, чол кьолода жаниб мусруги жемун", "date": "2022-09-16 07:00:43", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Гурхӏел гьечӏеб рагъда, Гъуниб магӏарда,\nТушбабаца имам сверун ккун вуго.\nСверун аза-азар чабхъадулалгун,\nЧерх ругъназул цӏурав цо имам вуго.\nГьединаб букӏана имам Шамилил тарихияб къеркьеялъул ахир. 25 соналъ гъазаваталъе бахъараб хвалчен гьес лъалиниб лъуна Тӏасагъуниб. Гьелдалъун лъугӏана Кавказалъул рагъул кӏудияб тарих. Амма лъугӏичӏо къадруяв имамасул бицен. Гьесул рухӏияб ирс, бахӏарчилъиялъул ва чилъиялъул мисал. Абухъего, «Къотӏун гьечӏо жегиги кьурабалъ дандерижи, кьварарал муридзабаз Ла-илагьан ахӏулеб».\nГьел пикрабаз цӏидасан кверде восана дун араб гьатӏан къоялъ Гъуниб районалъул Къорода-кьотӏа аскӏоб бугеб «Каскад» абураб лъималазул лагералде щведал. 10 сентябралда гьениб букӏана кӏудияб спортивияб тадбир. Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановасул шапакъатазе гӏоло чанго батӏияб спортивияб тайпаялда къецал тӏоритӏана гьенир: рекери, кӏанцӏи, гӏужда чӏор речӏчӏи, квар цӏай, гиря борхи, рукь бачин, гамачӏ рехи. Имам Шамилил муридзаби гӏадин рукӏана гьеб къоялъ гӏолохъаби, доре рекерун, гьанире кӏанцӏун гьунарал рихьизарулел. Амма цин гьелде щвелалде тадбиралъул официалияб бутӏаялъул бицинин.\nТадбиралда гӏахьаллъизе вачӏун вукӏана Сайгидпашаги. Рачӏун рукӏана чанго районалъул нухмалъулелги, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевги. Гьездаго гьоркьов вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Жидда шагьаралда Россиялъул генералияв консуллъун вукӏарав Цӏумада районалдаса Багьавудин Гӏалиевги. Рачӏун рукӏана республикаялъул творческиябгун гӏелмияб интеллигенциялъул вакилзабиги.\nРачел къанго анин къоло щуго сон\nТӏоцебе кӏалъазе рагӏи кьуна Сайгидпашае. Гьес киназдаго баркана гьеб къо ва абуна:\n— Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялда хурхун гӏемерал тадбирал тӏоритӏулел руго исана. Гьел тӏоритӏиялъе квербакъи гьабулеб буго Шамилил цӏаралда бугеб фондалъ. Дандеруссинал жеги рукӏина, исана сонго Шамилил лъагӏеллъун лъазабун бугелъул. Амма жакъасеб тадбир тӏобитӏизе нижеца гьаб бакӏ гӏадада гуро тӏаса бищараб. Щайин абуни, киназдаго лъала имам, жиндирго муридзабигун гӏемерав хьвадана гьал нухаздаса, гьал кьурабазда бихьана гьесул кьвариги, муридзабазул къохӏехьейги. Ахирияб рагъги имамасул букӏана Тӏасагъуниб. Гьебги хӏисабалде босун, дир кумекчагӏаз тӏаса бищана гьаб лагерь бугеб бакӏалда ракӏалде щвезавизе нилъерго кӏудияв имам.\nГьаб тадбир тӏобитӏиялъул аслияб магӏнаги мурадги нилъер киназулго буго гӏун бачӏунеб гӏелалда гьединав бахӏарчияв имам вукӏаравлъи, тарихалде араб 25 соналъул къеркьейги, бидулъ къалам ччун хъвараб магӏарулазул тарихги гьезда кӏоченчӏого букӏин. Гьеб буго жакъа аслияб мурад, — ан.\nГьев кӏалъан хадуб, тадбир бачунес абуна республикаялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумруялда жаниб тӏокӏлъи бихьизабурал цо-цо гӏадамазе, имам Шамилил фондалъул цӏаралдаса шапакъатал кьезе ругилан. Гьел щвана Гъуниб, Хунзахъ, Цӏумада ва Унсоколо районазул нухмалъулезеги, Багьавудин Гӏалиевасеги.\nГьединаб букӏана тадбиралъул официалияб бутӏаялъул байбихьи. Гьелдаса хадуб байбихьана кечӏ-бакъаналде.\nМоздокалъул эрменай,\nАхбердилас хъамурай,\nГьесул хъахӏаб чуялда\nДаргъоб росулъе щварай.\nШамилил гьей йихьигун,\nДагьаб би гьелегьана.\nКкун бачӏараб хӏинчӏалъул\nЦӏар щибилан гьикъана\nГабур, бетӏер рагьарай,\nГьалъ гьесий жаваб кьуна —\nЖинда цӏар Анна бугин,\nАваразул цевехъан.\nШамилица абуна,\nГьанже мун Анна гурин,\nИмамасе хирияй,\nЛъади Шугӏайнат йигин.\nАхбердилав виххана,\nИмамасухъ валагьун,\nГьай жиндир асиралъе\nАсирлъарав имамин.\nШамилица абуна,\nСсунареб кьал гурони,\nЦо рокьи бегьиларищ\nАллагь, рарал каказухъ?\nЛаваша районалъул Къулецӏмаса гӏолохъанчияс цӏакъ махщалида ахӏана гьеб кечӏ дандеруссиналда.\nЧачаналда гъолода гъазаватал гьарурав\nКъаде какги бан, гьалбал кваназе ахӏана лагералъул столоваялде. Чӏахӏиял можрал гьарун белъараб гьанги букӏана, данде хинкӏалгун гьагӏуги букӏана. Унго-унгояб куцалъ магӏарухъ букӏунеб гӏадаб квен букӏана богогьабаз хӏадурун. Сайгидпашада аскӏов гӏодов чӏарав Кӏуядаса Мухӏамадхӏабибида берги чӏвана. Кӏутӏулаго хинкӏаздагун гьес РФялъул парламенталъул вакиласе бицунеб букӏана хабар. Сундул хӏакъалъулъ бицунеб букӏарабали лъачӏо, амма Сайгидпаша цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккун вукӏана гьесухъ.\nМагӏарулал данде ракӏарараб бакӏалда, хасго Шамил имам ракӏалде щвезавулеб тадбиралда чара гьечӏого ахӏулеб кечӏ буго Кӏуядаса Мухӏамадхӏабибил «Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал» абураб, Игьалиса Чупаласул машгьураб назму. Гьеб къоялъги ахӏана гьес гьебги «Дур гьитӏинаб зани заназул рохьоб» абураб Хӏамзатил Расулица Шамилиде гьабураб кечӏги. Имамасул заманалъул тарихги, гьалдолел къоязул бухӏиги хӏасратги гӏажаибго махщалида къватӏибе кьезе кӏола гьесда. Живгоги гьев Шамилил бода гъорлъ вукӏарав муридасда релълъун вукӏана. Кутакалда хирияб буго гьесие Шамил имамасул заманалъул тарих. Бицен кканщиналъуб гьениса цо щиб букӏаниги цӏияб бицине жоги батула гьесда.\nХадуб букӏана тадбиралъул бищун аслияб бутӏа — спортивиял къецал. Ниж кванан рахъиналде, чӏорбутӏ речӏчӏиялъул, гиря рехиялъул, АРМ-спорталъул (рукь бачиналъул) къецал рагӏалде рахъун ругоан. Цо километралъул манзилалда гӏолохъаби рекеризе риччазе хӏадурлъи гьабулеб батана къватӏиб. Лагералъул азбарги бахун, шагьранухлул аххадеги ун, рачӏине кколел рукӏана гьел рекерун. Гьел рачӏунеб нухда кӏиябго рахъалъ эхетун, кинав бергьуневали бихьизе шавкъ щун гӏадамалги рукӏана. Анцӏго минуталдасан гӏадин бахъана: «Рачӏунел руго, рачӏунел руго» абураб ахӏи. Хадур рачӏунездаса лъикӏаланго манзилалъ цеве ворчӏун, тӏоцеве чӏалде вачӏана 18-19 сон барав гӏадав гӏолохъанчи. Халатккун манзилалъ векераниги, цо кӏудияб хӏал лъазе течӏого, сабургоги вугоан гьев. Амма гьесда хадур рачӏунезул лъалаго тату хун бугоан.\nГьелдаса хадуб букӏана квар цӏай. Хӏалуцарал къецал рукӏана гьенир Губденалъул, кӏуядисезул, хӏебдасезул ва Махӏачхъалаялъул командабазда гьоркьор.\nБащдаб сагӏаталдасаги цӏикӏкӏун заманалъ халатрахъарал къецазда бергьана Губденалъул команда. Кӏиабилеб бакӏ щвана кӏуядисезе, лъабабилеб — хӏебдасезе.\nХадуб тӏобитӏана Шамил имамасул гӏумру лъазабиялда тӏасан викторинаги. 12 суал букӏана тадбиралъул гӏуцӏарухъабаз хӏадурун. Имамас тӏарикъаталъул гӏелму лъазабизе тӏоцебе щиб росулъ байбихьарабин абураб суал хутӏун, хутӏарал киназего жаваб кьуна. Бергьаразе щвана тарихчи Хӏажимурад Доногъоца Кавказалъул рагъул ва Шамилил заманалъул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьал.\nСпортивиял къецазда тӏокӏлъи бихьизабуразеги щвана шапакъаталги, хӏурматиял кубокалги, гӏарцулал сайгъаталги. Бакъанидехун гьава-бакъ хисана, хасалихълъиялъул квач тӏибитӏана сверухъе. Цӏад базе къачӏалеб гӏадин букӏана дунял.\nГьединаб букӏана араб гьатӏан къоялъ Къородисезул-кьотӏа аскӏоб тӏобитӏараб данделъи.\nДие гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго Инхоса Гӏалихӏажияс Шамилиде хъвараб кочӏолъа росарал мухъаздалъун:\nМагӏарул чияли чанги вагъарав,\nЧол кьолода жаниб мусруги жемун.\nЧанги бахӏарзаца рухӏал ричарал,\nЧорокаб къавмалде дандеги рахъун.\nРагъул байданалде тӏадеги хьвадун,\nКӏал гьикъун босана васаца Алжан.\nКьалда бахӏарзазул хӏухьел къотӏидал,\nКъана имамасул анкьабго талихӏ…\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "20019-g-izlyaral-ul-k-vatial-k-achialel-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20019-g-izlyaral-ul-k-vatial-k-achialel-rugo", "title": "Гъизляралъул къватӏал къачӏалел руго", "date": "2022-09-16 07:05:21", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъизляралда тӏадбан унеб буго шагьаралъул къватӏахъе хъил тӏеялъул хӏалтӏаби.\nГьаб соналъул ахиралде 37 миллион гъурщиде анкьго къватӏ хъилги тӏун къачӏазе ракӏалда бугин бицана шагьаралъул нухмалъулев Александр Шуваловас.\n2019 соналдаса нахъе шагьаралда хъилги тӏун къачӏан буго 41 къватӏ. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялъ квербакъана гьел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе. Шагьаралда буго 150 км нухлул ва гьезул 90 километралде тӏун буго хъилги."}
{"slug": "20020-khasbikie-tsiiyab-kh-ulukh-shchvana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20020-khasbikie-tsiiyab-kh-ulukh-shchvana", "title": "Хасбикие цӏияб хъулухъ щвана", "date": "2022-09-16 07:07:49", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Машгьурав блогер Хасбула Мухӏамадовас (Хасбик) UFC-ялъулгун къотӏи-къай гьабун буго щуго соналъул болжалалда. Амма Хасбик рингалда цеве вахъине гьечӏо. Къотӏи-къаялда рекъон, гьесда тӏадаб жо буго речӏчӏухъабазухъ балагьизе рачӏарал гӏадамазе рекӏелгъеялъе щиб-щибниги ургъи, гьел релъизаризе, махсара-хочӏ ва ихтилат-кеп гьаби."}
{"slug": "20021-sagiudiyalda-rossiyal-ul-kvanil-nigimatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20021-sagiudiyalda-rossiyal-ul-kvanil-nigimatal", "title": "Сагӏудиялда – Россиялъул кванил нигӏматал", "date": "2022-09-16 07:08:45", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "17-20 октябралда Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялъул Эр-Рияд шагьаралда тӏобитӏизе буго «Saudi Agrikulture – 2022» абураб росдал магӏишаталъул кванил нигӏматазул кӏудияб цебелъей. Аслияб къагӏидаялда гьеб выставкаялда церелъола химия гъорлъ гьечӏел, ай умумузул къагӏидаялъ гӏезарурал ва «гӏурччинал» кванил нигӏматал.\nРФялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъги, Роскачествоялъги, Россиялъул экспорталъулаб централъги ва Агроэкспорталъги хӏадурулел руго гьенире ритӏизе кванил нигӏматал хӏадурулел предприятиял. Гьез халгьабуна Калининград областалдаса Хабаровск краялде щвезегӏан тӏиритӏун ругел росдал магӏишаталъул предприятиязул. Гьезда гьоркьоса бищана анлъго.\nВыставкаялъул заманалда тӏоритӏизе руго предпринимателазулгун дандчӏваялги. Ракӏалда буго органикиял кванил нигӏматал гӏезариялъул хӏакъалъулъ гьел дандчӏваязда бицине ва цоцазулгун дармилгун экономикиял къотӏиял гьаризе."}
{"slug": "20022-makhsarajishch-uyabishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20022-makhsarajishch-uyabishch", "title": "Махсарайищ, уябищ?", "date": "2022-09-16 07:14:32", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Гьаб анкьил байбихьи республикаялда ракӏалда чӏана Махӏачхъалаялъул школазда дарсал гьоркьор къотӏизариялдалъун. Битӏахъе зазда чӏараб хӏанчӏил гӏадаб хӏал букӏана гьал къоязда тахшагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул, хасго лъималазул эбел-инсул. Школазда теракт гьабизе гьениб кьвагьулеб жо лъун бугилан хабарги тӏибитӏун, къватӏире тӏурулел рукӏана лъималги учительзабиги.\nМахӏачхъалаялда школа кьвагьизабизехъин рагӏулин абурал харбал раккана гъоркьияб анкьидаго. Байбихьул классазда цӏалулел, жеги гӏисинго ругел лъималги рачун рокъоре рачӏунел рихьулаан улбул. Гьединаб сурат букӏанин шагьаралъул цогидал школаздагиян букӏана нижехъе щварал баяназда.\nГьаб анкьил байбихьиги гьединабго букӏана. Итни къоялъ, 12 сентябралда нахъойги тӏибитӏана гьебго хабар. Гьоркьор къотӏизаруна дарсал. Лъималги учительзабиги гочинаруна къватӏире. Нахъисеб къоги — 13 сентябрьги бачӏана гьелдаго релълъараб. Палхӏасил, чанго къоялъ тӏатӏалаго, школал кьвагьизаризехъин ругилан абураб хабаралъ кверде босана Махӏачхъала. Тахшагьаралъул кинабниги 63 школалдаса къватӏире гочинарун рагӏулин лъимал ва учительзабиян букӏана итни къоялъги нижехъе щвараб баян.\nГьаб жоялъул магӏна щибин, нанотехнологиялги интернеталъул ва цогидаб техникаялъул гучги цӏикӏкӏараб XХӀ гӏасруялдагийищ гьадинаб жо букӏунеб, гьересийищ, уябищ гьаб хабарали чӏезабулареб щаян хъудизе лъугьана гӏадатияб халкъ ва гьединго лъималазул улбул. Социалиял гьиназдаги букӏана гьединаб суал кьолеб цоцае. Лъималазул эбел-инсулги рахӏат хвезабун букӏана гьелъ.\n2004 соналда Северияб Осетиялъул Беслан шагьаралда гӏадинаб теракт гьабизехъин рагӏулин Махӏачхъалаялъул школаздаян букӏана цо хабар. 18 соналъ цебе гьезги агъаз гьабичӏого тун рагӏулин гьединаб хӏинкъи бугеб хабар, ахирги гьелъул ккараб пашманаб хӏасил дунялалдаго рагӏанин, гьединлъидал цӏодорлъи гьабеян гьел хӏинкъи кьун тӏиритӏизарулел харбаздаян букӏана бицунеб. Цояс букӏана бицунеб, Украинаялда бугеб хасаб рагъулаб операциялда хурхараб жоги букӏине бегьулин гьебан абун. Лъицаниги нилъее квешезе гӏоло тӏиритӏизарулел харбал ратизеги бегьулин. Кинаб бухьен гьеб кӏиялдаго гьоркьоб бугебали ниж хадур гъечӏо. Къокъ гьабун абуни, кьучӏ гьечӏел харбал гӏемер рукӏана. Хӏакъикъат кинаб бугебали баян щвезелъун нижеца бухьен гьабуна Махӏачхъалаялъул Лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулезулгун. Гьабсагӏаталда гьеб хӏужаялда сверухъ цӏех-рех гьабулеб буго къуваталъул идарабаз. Школазул нухмалъулез хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул рахъалъ кӏварал тадбирал гьарулел ва лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда хадуб хъаравуллъи чӏезабун буго тӏадал идарабаз абун гурони, цо сахаб, хӏакъикъат рагьулеб баян гьезухъа нижее щвечӏо.\nКинабго жидерго хъаравуллъиялде гъоркье босун бугин республикаялъул МВДялъул ва ФСБялъул хӏалтӏухъабазин абураб жаваб щвана Махӏачхъалаялъул администрациялъул жамгӏияталъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул суалазул рахъалъ управлениялъухъа.\nРеспубликаялъул жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъухъа нижее щибниги жаваб щвечӏо.\n14 сентябралда Махӏачхъалаялъул школазухъа лъимал къватӏире гочинаричӏо. Дарсалги гьоркьор къотӏичӏо.\n13 сентябралда социалиял гьиназде рехун бачӏана, школазда кьвагьулеб жо лъун бугилан хабар биччарав гӏолилав кквезе щванилан абураб хабар. Гьев ватана Махӏачхъалаялдаса 15 сон барав гӏолилав. Живго цӏалулеб школалда, жанахӏалъуб бугеб столалда гъоркь лъун бугин гьеб кьвагьулеб алатиланги абун, кагъат битӏун буго гьес электроннияб почалдасан. Лъикӏаб хъизамалда гӏурав, гӏакълу-лъаялъул рахъалъги щибниги мукъсанлъи батичӏо гьесул. Щиб мурадгун гьес гьединаб къваригӏел гьечӏеб иш гьабурабали бичӏчӏизе кӏвечӏо. ФСбялъул хӏалтӏухъабаз ккун хадув гьеб жиндир махсара букӏанилан мукӏурлъун вуго гьев. Амма махсараялъ уголовнияб кодексалда бихьизабураб статья нахъчӏваларо. Гьесда тӏад уголовнияб дело рагьизе материал хӏадурулеб буго цӏех-рехалъул идарабаз.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "20023-tsol-iyal-ul-bugo-guchgi-k-uvatgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20023-tsol-iyal-ul-bugo-guchgi-k-uvatgi", "title": "Цолъиялъулъ буго гучги къуватги", "date": "2022-09-16 07:20:57", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Республикаялъул халкъазе кӏвар бугел хӏукмаби гьаруна тӏолалго дагъистаниязул вакилзаби гӏахьаллъарал съездазда. Гьединал съездал тӏоритӏана 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шураялда, 1992 ва 2010 соназда Махӏачхъалаялда. Дагъистаналъул халкъазул лъабабилеб съездалда кӏалъалаго, Дагъистаналъул президентлъун вукӏарав Мухӏамадсалам Мухӏамадовас абуна: «Дида битӏараблъун бихьула «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб республикаялъулаб байрам тасдикъ гьаби. Гьелъ квербакъизе ккола нилъер мугӏрузулаб улкаялъул бищун лъикӏал гӏадатал цӏуниялъе», — ян.\nПрезидентасул пикру хӏисабалде босана Дагъистаналъул халкъазул съездалъул резолюциялда. «Съездалъ абулеб буго «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб дагъистаниязего гӏаммаб байрам тасдикъ гьабизе кколин абун. Нилъер тарихалда руго гӏемерал лъугьа-бахъинал – гьезулъ бессун буго дагъистаниязул гӏаммаб хасиятги тӏолго халкъаздаса чӏухӏиги. Нилъер руго цогоял муруватиял къиматал хасиятал, гӏаммаб тарих ва букӏинесеб къисмат. Цолъиялъулъ буго Дагъистаналъул халкъазул гучги къуватги. Гьеб рикӏкӏине ккола нилъер халкъазул хазиналъун ва гьелдехун букӏине ккола хасаб бербалагьиги», — ян хъван буго резолюциялда.\nГьелъул кьучӏалда, 2011 соналдаса нахъе 15 сентябралда республикаялда кӏодо гьабула Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо. Байрамлъун 15 сентябрь тӏаса бищиялъе босана дагъистаниязул тарихалда кӏудияб лъалкӏ тараб лъугьа-бахъин: 1741 соналъул 15 сентябралда Хицӏиб майданалда Надир-шагьасул аскар щущахъ биххизаби.\nБайрам кӏодо гьабизе байбихьаралдаса ана анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун сон. Гӏадатлъун лъугьана гьеб къоялъ батӏи-батӏиял миллиял майданал тӏоритӏи ва гьениб дагъистаниязул бечедаб маданият цебелъей. Гӏуцӏула спорталъул къецал, ярмаркаби, школазда тӏоритӏула рагьарал дарсал, музеяздагун библиотекабазда – миллатазул чӏухӏилъун кколел лъугьа-бахъиназулги гӏадамазулги суратазул выставкаби, шагьаразулги росабазулги аслиял майданазда ва клубазда – концертал ва культураялъул хӏаракатчагӏазул церерахъинал.\nХалкъазул цолъи кӏодо гьабулеб байрамкъоялъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна нижее дагъистанияз.\nМухӏамадхан Мухӏамадханов, ДФИЦалъул ИИАЭялъул этнографиялъул отделалъул нухмалъулев, тарихиял гӏелмабазул доктор: «Щаклъи гьечӏого абизе бегьула, 2011 соналъул анлъабилеб июлалда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо тасдикъ гьабиялъул Указалда гъоркь гъулбасулаго, Мухӏамадсалам Мухӏамадовасда гӏемерал лъугьа-бахъинал церечӏун ратилилан.\nНилъеда лъала, 1990-2000 соназда дагьал рукӏинчӏо Дагъистаналъул миллатазул цолъи чучлъизабиялъул мурадалда къеркьолезул къапилаби. Рукӏана гьезда гьоркьор машгьурав Имамасул цӏар лъуралги, Бабаюрт-Хасавюрт мухъалда окопал рухъун яргъилаб оборона ккуралги; жидерго напсги хъулухъги хиралъиялъ гьалаг гьарурал ва 1998 соналъул 21 маялда Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда Пачалихъияб Советалъул мина ккун талавур гьабуралги, лъугӏелго гьечӏел чӏвадарухъабиги, террористалги… Аллагьас рикӏкӏад гьареги нилъ гьединаздаса!\nТарих бечедаб улка буго нилъер Дагъистан. Гьеб тарихалда дагъистаниязул Ватӏан цӏуниялъе гӏоло цолъи загьир гьабулел, рехсезе мустахӏикъал, чӏухӏи тӏадегӏан гьабулел мисалал ва хӏужаби гӏемерал руго. Хасго 1741 соналъул сентябрь моцӏалда Надир-шагь щущахъ виххизави.\nБихьухъего, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо хӏисабалда 15 сентябрь байрамлъун лъазаби – гьелъулги цо магӏна буго».\nПайзула Пайзулаев, тарихчи: «Дир пикруялда, 15 сентябралда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо кӏодо гьабиялъ нилъер цересел умумузул тарих кӏвар кьечӏого хутӏула. Аза-азар соназ Дагъистан букӏана цогояб ва цолъараб халкълъун. Киданиги гьикъулароан, мун щиб миллаталъул чи кколеван абун; гьикъулаан, мун щиб росулъаян абун. Гьелде тӏадеги, Северияб Кавказалъул тӏолго республикабиги руго гӏемермиллатазулал. Гьезул цонигиялда гьечӏо, масала, Кабардино-Балкариялъул яги Гъарачай-Черкесиялъул халкъал цолъиялъул къо.\nКинабгӏаги хӏажалъи букӏинчӏо Дагъистаналъул халкъазул кӏиабилеб ва лъабабилеб съездал ахӏиялъеги. 1920-абилел соназда ахӏарал съездазда лъазабуна Дагъистаналъул автономия, Дагъистаналъул цолъи. Хадусел съездазда къабул гьарурал хӏукмабазул республикаялъул халкъазе кинабгӏаги лъикӏлъи гьабичӏо я цебетӏей ккечӏо».\nГюлнара Рамазанова, Белгород шагьаралъул школалъул библиотекарь: «Нижер хъизамалда адаб гьабула Дагъистаналъул халкъазул. Ниж ватӏаналдаса рикӏкӏад гӏумру гьабун ругониги, дир лъималазда лъала Дагъистаналда батӏи-батӏиял халкъаз гӏумру гьабулеблъи. Амма нижеца гьел рикьуларо батӏи-батӏиял халкъазде: гьел киналго руго Дагъистаналъул халкъ.\nНилъеца адаб гьабизе ккола цогидаб халкъалъул тарихалъулги, маданияталъулги, адабияталъулги. Гьелъие квербакъилаан щибаб школалда 15 сентябралда хасаб дарс тӏобитӏани. Классалда щивав цӏалдохъанасе кьезе бегьула гьадинаб тӏадкъай: батӏияб халкъалъул кечӏ лъазабизе, масала, даргияс – лезги мацӏалда, магӏарулас – лъарагӏ мацӏалда ва гь.ц. Гьединаб тадбиралъ кумек гьабила нилъ цоцада лъикӏ ричӏчӏизе, цоцазул адаб гьабизе».\nУмасалимат Хӏасанова, Уздалросдал байбихьул школалъул учительница: «Дагъистаналъул халъазул цолъиялъул байрам кӏодо гьабулаго, дир рекӏелъ цӏидасанги паркъула Дагъистаналъул цолъиги эркенлъиги цӏунулаго къеркьараб нилъер бахӏарчияб халкъалдаса чӏухӏиги. Ватӏаналдеги эркенлъиялдеги рокьи бессун букӏуна щивав бусурбанчиясул рекӏелъ, щайгурелъул гьеб буго иманалъул аслияб бутӏа».\nПатӏимат Гӏумарова, Буйнакск шагьаралдаса учительница: «Байрамкъоялъ нилъеда ракӏалде щвезарула умумузул бахӏарчиял ишал ва гьезул гъунки. Гьеб къоялъ гӏуцӏулел тадбираз нилъ жеги гъункизарула. Нилъер лъималазе щибаб халкъалъул гӏадат-гӏамал лъазабиялъе квербакъулеб байрам буго гьеб».\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "20024-l-ikiav-ustaras-naslabi-kutsala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20024-l-ikiav-ustaras-naslabi-kutsala", "title": "Лъикӏав устарас наслаби куцала", "date": "2022-09-16 07:24:42", "categories": ["lit"], "text": "Республикаялда культураялъул бутӏаялда гьабулеб хӏалтӏул ва хадубккун хӏисабалде босаралъул бицана, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ 13 сентябралда журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда. Министралъулгун пресс-конференция гӏуцӏун букӏана республикаялъул «Дагъистан» информациялъул агентствоялъ (РИА «Дагестан»).\nБицана исана Дагъистаналда гӏатӏидго кӏодо гьабулеб бугеб Фазу Гӏалиевалъул юбилеялъулал ва «Хъахӏал къункъраби» тадбиразул, «Пушкинская карта» программаялдаса пайда босиялъ гӏолилазе, школлъималазе культураялъулгун искусствоялъул бичӏчӏи щвеялъе кьурал ресазул.\n«Культура» миллияб проекталда рекъон гӏезегӏанго хӏалтӏаби гьарун рагӏалде рахъанин бицана Бутаевалъ.\nМиллиял газетазул вакилзабазул букӏуна жиде-жидер миллаталъул масъалаби рорхарал суалал. «Хӏакъикъаталъ» министралъе кьурал суалал рукӏана росабалъан байбихьун нилъер миллияб рухӏияб ирс цӏуниялда, халкъиял махщелчагӏазул гьунар наслабазухъе кьеялда, магӏнаго биххараб эстрадаялъул кочӏолаб искусствоялда хурхарал. Нижеца рехсарал рахъазда ругел гӏунгутӏаби тӏуразариялъул жавабчилъи бакӏалъулал нухмалъулезда тӏад букӏин бичӏчӏизабуна министралъ: «Жидер росдал хаслъи цӏуни, гьенир ругел гьунарчагӏазул махщел гӏатӏидго рагӏизаби, къанагӏатаб махщалие цӏиял гӏелал куцай — гьеб буго кинабго культураялъул идарабазул нухмалъулезул, росабазул ва районазул бутӏрузул бичӏчӏигун лъаялда бараб иш. Бицун хӏалкӏолареб берцинлъиги, тӏабигӏиябгун маданияб бечелъиги буго Дагъистаналда. Нилъеца гьеб киналъулго къимат гьабизе ккун буго, росулъ яги шагьаралда яшав гьабун ругел гӏадамал батӏалъи гьечӏого. Нилъерго ракь, гӏадатал, культура бокьизе ругьун гьаризе ккола гьитӏинаб къоялдаса нахъего. Гьелъие руго нилъер республикаялда искусствоялъул школал. Гьел школазда дарсал кьолев мугӏалимасул намусалда бараб буго цӏалдохъан батӏи-батӏияб махщалие куцай. Лъикӏав устарас жиндирго махщалил дарсал цогидазеги кьола, гьеб буго метериселъе бечелъи.»\nРосабалъ клубазулги библиотекабазулги хӏалтӏи хашлъаралдаса анцӏ-анцӏ сонал ругин абуна Зарема Бутаевалъ:\n— Киналго масъалаби цин-цадахъ тӏуран рахъинищха, кибего нижер берги халгьабиги щвезе буго. Дагъистаналда буго 957 культураялъул рукъ ва 970 библиотека. Гьезул бащдалгӏанасел руго цоял риххун унел, цогидал къачӏазе ккараб хӏалалъ. Федералиял ва республикаялъул нухмалъулезул кӏудияб кумек щвана гьал ахирал соназ культураялъул рахъ цебетӏезабиялъе. «Культура» миллияб проекталда рекъон бана цӏияб 6 культураялъул рукъ, цӏигьабун къачӏана — 60, ремонтал гьаруна анцӏ-анцӏ культураялъул идараялда. Гӏолилазулги рачӏине гъира кколеб хӏалалъ цӏигьабулеб буго библиотекабазул хӏалтӏи.\nЦоги нухалъ такрар гьабила — чӏунталиде ккараб клуб росулъ букӏин — гьеб буго бакӏалъулал нухмалъулезул кӏвар гьечӏолъи. Бугеб ахӏвал-хӏалалъулги бицун, хӏажатал документалги ракӏарун, гьел рачӏине ккола нижехъе.\nКультураялъул министралъ абухъего, министерствоялдаса чийищха вачӏинев росабазул маданияб гӏумру гӏуцӏизе?"}
{"slug": "20025-nil-er-adabiyat-miskinab-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20025-nil-er-adabiyat-miskinab-gechio", "title": "«Нилъер адабият мискинаб гьечӏо»", "date": "2022-09-16 07:27:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовасе щун буго Адабияталда жаниб гьабураб хъулухъалъухъ — «За заслуги перед литературой» абураб, Россиялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул шапакъат. Хӏамзатил Расул гьавуралдаса 99 сон тӏубай республикаялда кӏодо гьабулел къояз, Театралъул поэзиялда букӏараб Россиялъул хъвадарухъабазул пленумалда кьуна гьесие гьеб хӏурматияб гӏаламат. Мухӏамадида гьеб шапакъатги баркун, Хӏамзатил Расулил «Хъахӏал къункърабазул къоял» республикаялда кин тӏоритӏарал ва жибго пленумалда тӏасан гьесулгун ккараб гьитӏинабго гара-чӏвари кьолеб буго жакъасеб номералда.\n— Мухӏамад, баркула шапакъатги. Кин арал исана «Хъахӏал къункърабазул къоял» республикаялда? Щиб букӏараб цӏияб жо гьениб?\n— Баркала. Хӏамзатил Расул гьавуралдаса щибаб соналъ республикаялда тӏобитӏулеб тадбир исана цӏакъ берцинго, гьарзаго анин абизе бегьула. Россиялъул хъвадарухъабазул тӏубараб правлениего бакӏарун букӏана Махӏачхъалаялда. Улкаялъул регионаздаса 40-гӏанасев хъвадарухъанги гӏахьаллъун, Поэзиялъул Театралда тӏобитӏана пленум. Гьеб букӏана тӏадеялъул февралалда Москваялда тӏобитӏизе бугеб Россиялъул Хъвадарухъабазул Съездалъе гьабулеб хӏадурлъилъун. Гӏемерал, кӏвар бугел суалал гьоркьор лъуна, адабияталъул бицана. Гьанже цо-цо цӏирагьиялги раккун руго. Мисалалъе, гьалдаса хадуб хъвадарухъабазул тӏахьал къватӏире риччалаго, цо кечӏ магӏарулалъги, лъун аскӏобго гьелъул таржама гьабураб кечӏги лъезе буго. Цо гьединаб «Ахӏуд рахъарал кучӏдул» абураб дир тӏехь бачӏине буго кватӏичӏого Москваялда.\nДагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго адабият цебетӏеялъе. Шагӏирзабазул тӏахьал къватӏире риччала, улкаялъул гьединго къватӏисел пачалихъазда тӏоритӏулел литератураялъул тадбиразда нижеца гӏахьаллъи гьабула. Щибаб соналъ республикаялда тӏоритӏула Расулил «Хъахӏал къункърабазул къоял». Исанасеб тадбир гьединго букӏана, тӏадеялъул кӏодо гьабизе бугеб гьесул нусго сонил юбилеялъул байбихьилъилъун. Гьебги-добги хӏисабалде босун гьабураб хӏукму букӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул исанасеб пленум Махӏачхъалаялда тӏобитӏизе.\nГьединго Мухӏамадица бицана Хӏамзатил Расулил 100 сон кӏодо гьабиялде Хъвадарухъабазул союзги гьединго республикаги хӏадурлъулеб бугеб куцалъул, улкаялъул даражаялда тӏадеялъул гьеб кӏодо гьабизе букӏиналъул. Гьелъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицина газеталъул хадусел номеразда."}
{"slug": "20026-unk-o-chi-chivana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20026-unk-o-chi-chivana", "title": "Ункъо чи чӏвана", "date": "2022-09-16 07:30:43", "categories": ["kkara-tar"], "text": "11 сентябралъул сардилъ Гумбет районалъул Мелъелтӏа вагъизе ккана кӏиго гӏолохъанчи. Дагӏба-рагӏи хӏалуцине байбихьидал, цояс цогидасул мачӏчӏалъ нус кьабуна. Хадув гьев больницаялда хвана. Кӏиявго гӏолохъанчи рукӏана кьерилал, ай 21 сон барал чагӏи.\nНус кьабурав полициялъул хӏалтӏухъабаз ккуна. Сурав босулелъул гьес бицана, гьеб къоялъ къаси рокъове вачӏунаго данде кканин чангояв. Гьезул цоясулгун санагӏат гьечӏеб хабарги ккун, иш гьелда къокълъичӏеб мехалъ, рокъовеги ун, нусги босун вачӏун вуго гьев. Дагӏба-рагӏи халалъидал, нусги чӏван буго дандиясда.\nГьелдаго релълъараб хӏужа ккана Буйнакскиялдаги. Республикаялъул МВДялъул хӏалтӏухъанасдаги кӏиго чиясдаги гьоркьоб ккана дагӏба. Цӏакъго гьеб хӏалуциндал, гьес гьел чӏвана. Хадув живго жинцагоги чӏвана. Чӏварал ккола гьесул йикӏарай лъадул эменги яцги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "20027-17-5-metr-bugeb-tsiurachedgi-chchugibuzul-festivalgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20027-17-5-metr-bugeb-tsiurachedgi-chchugibuzul-festivalgi", "title": "17,5 метр бугеб цӏурачедги ччугӏбузул фестивальги", "date": "2022-09-16 07:32:24", "categories": ["obshestvo"], "text": "9-11 сентябралда Махӏачхъалаялда, Ак-Гель паркалда тӏобитӏана кӏиго батӏияб фестиваль-ярмарка: «Цӏурачадазул» ва «Россиялъул ччугӏбузул бечелъи».\nЛъабабго къоялъ гьениб гьабизе ракӏалда бугебщиналъул сияхӏ цебеккунго щвана гӏадамазухъе. Щибаб къоялъе бихьизабураб цӏакъ бечедаб, киналго ригьазул гӏадамазе данде кколеб къагӏидаялда гӏуцӏараб программа букӏана гьезул.\nДунго гьениве щведал, цӏакъ гӏемер гӏадамал ратана ракӏарун: гӏисинал лъималаздаса байбихьун цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазде щвезегӏан. Гӏуцӏарухъабаз лъималазе хӏадур гьарурал мастер-классалги къецалги рукӏана программаялда.\nФестивалалъул тӏоцебесеб къоялъ паркалда радалго тӏиритӏана батӏи-батӏиял ччугӏбузул ва гьединго шагьаралъул цо-цо ашбазаздаса богогьабаз хӏадур гьарурал кванил нигӏматазул ва дармилал церелъеял. Рукӏана гьенир Дагъистаналъул махщелчагӏазул тӏагӏалабазул церелъеялги.\nМаркӏачӏубер рукӏкӏиндал, фестиваль рагьиялъул хӏурматалда бихьизабуна концерталъул программаги.\nЦебеккунго программа бихьаразе, бищунго интерес цӏикӏкӏараблъун кӏиабилеб къо букӏанин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул, гьеб къоялде бихьизабун букӏана бищунго интересаб программа.\nРадалго, Махӏачхъалаялда бугеб «Равза» ашбазалъул богогьаби журана кӏудияб цӏурачед бежизе. Цебеккунго, чанго метралъул халалъи бугеб цӏурачед бежизе бугин абураб хабаралъ гъираги бижизабун, корониб гьеб бежулеб куцалъухъ балагьизе радалго гьенибе бакӏарана гӏемераб гӏалам.\nЦӏакъ гӏажаибаб къагӏидаялъ гьабулеб букӏана гьез гьеб. Чанго батӏияб нигӏматги жаниб лъун, бутӏа-бутӏабиккун цоцаздаги рекӏинарун, коронибги бежун дагь-дагьккун халатаб столалда тӏибитӏулеб букӏана берцинаб махӏ бугеб цӏурачед.\nГьеб гьабизе 35 кг буцараб ролъулги гьебго къадар гьаналги хӏалтӏизабунин бицана «Равзаялъул» богогьабаз.\nУнкъо сагӏатгӏанасеб заманалдасан гьабун лъугӏана дунялалдаго бищун кӏудияб цӏурачед. Гьелъул халалъи батана 17,4 метр!\nБисмиллагь кӏудияз, кӏалдибе гьитӏиназин абухъе, цин лъималазе рикьана цӏурачедалъул кескал, хадуб чӏахӏиязеги. Киназго цӏакъ лъикӏаб къимат кьуна гьеб нигӏматалъе.\nГьединго, гьеб къоялъ рихьизаруна ччугӏил батӏи-батӏиял квенал гьарулеб мастер-классги. Ярмаркаялде рачӏарал гӏадамазе цӏулал, гӏарцул, пахьул устарзабаз рихьизаруна жидецаго тӏагӏалаби гьарулеб къагӏидабиги.\nЛъабабилеб къоялъ хӏадур гьабуна 300 кг пулавалъул. Богогьан Мумин Омаевас бицана, гьеб пулавалде гъорлъе нилъерго, Кавказалда гӏурал хурдуздаса гъаран-пурччги гъорлъе гьарунин. ДРялъул культураялъул махщелчагӏаз хӏадур гьабураб концерталъул программаялъ ахир лъуна аза-азар чи гӏахьаллъараб тадбиралъе.\nГӏуцӏарухъабаз рагӏи кьуна гьединаб тадбир санайил тӏобитӏизеги.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "20028-milliyab-tepsi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20028-milliyab-tepsi", "title": "Миллияб тепси", "date": "2022-09-16 07:38:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "14 сентябралда республикаялъулго гӏемерисел школазда тӏобитӏана «Дагъистаналъул миллияб квен» абураб фестиваль (флэшмоб). 2011 соналдаса нахъе, щибаб соналъул 15 сентябралда республикаялда кӏодо гьабула Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Гьеб байрамалъул хӏурматалда исана республикаялъул школаздаги миллияб кванилгун ва ратӏлилгун лъай-хъвай гьабуна 1-8 классазул цӏалдохъабаз.\nДагъистаналъул миллияб кванил флэшмоб тӏобитӏана «Навигаторы детства» абураб проекталда рекъон. Гьелъул мурадги букӏана Дагъистаналъул миллатазул батӏи-батӏияб маданият бихьизаби. Тахшагьаралъул, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб 50- абилеб школалдаги тӏобитӏана Дагъистаналъул миллияб кванил фестиваль. Миллияб партал ретӏарал гьитӏичаз рихьизаруна жиде-жидер классазул улбузул хӏаракаталдалъун гӏуцӏарал тепсиял. Щибаб классалъ гӏуцӏараб миллияб кванил столалъе къимат кьолеб букӏана тарбия кьеялъул хӏалтӏухъабаз. Цӏалдохъабазеги миллияб кванил фестиваль унго-унгояб байрамлъун лъугьана, батӏи-батӏияб кванил хӏалбихьана, республикаялда ругел халкъазул гӏемерлъиги цолъиги бичӏчӏана.\nПатимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "20029-dir-kiudadagi-zhindirgo-chakh-abi-rik-arav-tsiogorgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20029-dir-kiudadagi-zhindirgo-chakh-abi-rik-arav-tsiogorgi", "title": "Дир кӏудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цӏогьорги", "date": "2022-09-16 07:40:06", "categories": ["kultur"], "text": "Дунги эбелги рокъоса къватӏире лъугьана бакъанил гӏужалъ. Унел рукӏана гӏазуца бахчараб, чӏедераб сухъмахънух ккун, цеве арав чиясул загӏипалго лъалкӏал рукӏана бакӏ-бакӏазда гӏазуца рахчун. Ниж унел рукӏана эбелалъул росулъе кӏудада вихьизе, гьев лъикӏ гьечӏого вугин кӏалъана эбелалъухъе телефоналъ. Эбел уней йикӏана хехаб рилълъада, дун хӏалица гъолев вукӏана хадув. Бичӏчӏулеб букӏана эбелалъул рахӏатхун букӏин. Гьеб хӏинкъиялдаса ва рахӏатхвеялдаса эбел нахъе ячине гӏадин, дица цо-цо жал рицунел рукӏана гьелъие. Дир мукъсанаб пикруялда ва гьелда сверухъ бихьизе кӏолеб дунялалда рекъараб букӏинарищха хабар. Бицунеб букӏана нижер бокьоб бугеб чӏегӏераб оцалъул, кин гьеб ихдал росдалго оцаздаса бергьине кколебали, бицунеб букӏана инсул Къамилухъа босараб, магӏарухъ хьихьулеб цӏахӏилаб юргъачуялъул ва кин дица, гьелдаги рекӏун, араб риидал гӏор бахъарабали. Рицунел рукӏана хӏалицаго хӏухьелги босулаго гӏодов ккун, тӏаде вахъун, эбелалда хадувги вачӏун, лъалелги лъаларелги гӏемерал жал. Дир бицунеб хабар къотӏарабго, лъалаан эбелалда дун жеги гӏодов ккун вукӏин, гьелъ хехго вахъинеги гьавун, тӏаса гӏазуги кӏутӏун вачунев вукӏана, эбел гӏенеккун йикӏинчӏо дица бицунелъухъ, гьей гӏедегӏун йикӏана жиндир инсухъе ва гьарулеб букӏана дида хехго вилълъаян. Чӏорода, кӏудадал рукъ бугеб бакӏалде ниж сверулаго, дунял рукӏкӏун букӏана. Нухда дандчӏварал гӏадамал кӏалъалел рукӏана гьитӏинго, хӏалица рагӏиледухъ:\n— Гӏайишат, мунищ… Гӏайишат, юссанищ?.. Йилълъа, хехго а, духъ ралагьун руго гъол… — абурал гӏадал кӏалъаяз бицунеб букӏана гьениб лъикӏаб хӏал гьечӏолъи. Кӏудияв инсул гьитӏинаб рокъор гӏезегӏан руччаби ругоан. Ниж жанире лъугьарабго, цоял къватӏире ана нижее бакӏ эркен гьабун, цогидал эбелгун гаргадизе лъугьана гӏиссинккун. Дир кидаго аваданав, махсараби гьарзаяв кӏудадал лъалеб хӏал букӏинчӏо, гьев гьурмадасаги хисун вугоан дагьав, вегун, мокърукье валагьун вугоан. Бихьулеб букӏана хӏехьезе кӏолареб унтуца кӏвекӏулев вукӏин. Дун гьесда гӏагардегӏанги ун, сихӏ тун, бусада аскӏов чӏана. Кӏудада бигьагьавун дидехун вуссана ва дир гӏазуца ва квачалъ багӏар гьабураб кӏаркьада хинаб огъохъат лъуна ва щибалиго гьикъана гьес дида. Дун хӏинкъана гьесул загӏипаб гьаркьидасаги, цебехун даим дие рохел кьолеб букӏараб рокъоб батараб сихӏкъотӏиялдасаги. Цо бокӏнилъ кӏодоэбелалъ кьурал гӏечалгун дунги кӏусизавун, эбелалъ байбихьана бидулкьаби борцизе, уколал гьаризе, кӏудадае данде кколеб хабар бицун, тӏаде къулун йикӏана сордоялъ. Дун квананги вукӏана, рокъоб хингоги букӏана, амма, рахӏат толеб букӏинчӏо гьениб батараб хиса-басиялъ.\nКӏудияй эбел цӏадухъ квен гьабун квалквадилей йигоан, кидаго гӏадин. Гьелъ гьабулеб жоги гьоркьоб тун, мех-мехалда эбелалъе ва тӏаде рачӏаразе бицунеб букӏана къаси кӏудадада бихьараб гӏакъубаялъул ва унтул. Къадада далун букӏараб кӏудияб, тӏад цӏер гьечӏеб сагӏтил кӏутӏи доб сордоялъ гӏадин кӏодого киданиги рагӏун букӏинчӏо. Горда нахъа букӏана квачараб, бецӏаб хасалил сордо, лъукъараб жанаваралъул гӏадаб руруди ва зигарди рагӏулеб букӏана басрияб минаялъул картӏазда, тӏохазда багъулеб ва рурудилеб гӏазул бураналъул. Рокъоб жаниб хинлъи ва рахӏатхвараб сихӏкъотӏи…\nХадусеб къоялъ вертолетги ахӏун, кӏудадаги эбелги ана райцентралде ва гьениса Махӏачхъалаялде, операция гьабизе кколин тохтурзабазги бихьизабун. Дун доб цебесеб къоялъ эбелгун вачӏараб нухккун ана дунго инсул росулъе — Салде. Чвантинир рукӏана мунагьал чураяй кӏудаэбелалъ кьурал конфеталги, гӏодов ккун, тӏаде вахъун, щвана росулъе. Инсул рокъобги цо цебесеб, эбел йигеб мехалда букӏунеб хинлъиги рахӏатги букӏинчӏо.\nГӏемераб заманаялъ руссинчӏо кӏудадаги эбелги Махӏачхъалаялдаса. Цӏикӏкӏун валагьун чӏеялъ, дидани кколеб букӏана гьез сонал ралел ругин гьенирилан. Цо къоялъ хабар бачӏана Чӏороде вертолетги бачӏун бугин, гьелда тӏад кӏудиявэменгун дир эбелги руссун ругин абун. Хадуб гьоркьоб бакӏ дида ракӏалда гьечӏо, дун дидаго лъачӏого щун ватана Чӏороде, кӏудадал азбаралъуве. Дун жаниве лъугьарабго рукъ цӏун бугоан гӏадамазул. Эбелалъ къвал бана ва веэдана, кӏудиявинсуца жиндаго аскӏов чӏезавуна ва ботӏрода квер бахъана. Гьев кӏалъалев вукӏана жив вихьизе щварал чӏахӏиял гӏадамалгун, квер бахъиялъул магӏна букӏана — мунгун хадур кӏалъалин абураб. Дида кӏудада дагьавго хисун вугев гӏадин вихьулев вукӏана, тӏаде балагьун. Мегежги кӏкӏван бугоан гьесул, тӏад цо цебехун дида бихьичӏеб свитерги бугоан, кӏалъалевги вугоан махсараби гьечӏого, гӏодове виччан. Бицунеб букӏана жиндие операция гьабиялъул, гьеб гьабун хадув Гъаякенталда хӏамамалде витӏиялъул, дандчӏварал гӏадамазул лъикӏлъиялъул ва гьез гьабураб гӏаданлъиялъул.\n— Дие бокьун букӏана больницаялдаса виччарабго росулъе вуссине, тохтурас абуна хӏамамалде ине кколин, дове витӏана. Гӏемерал гӏадамал рачӏана дун вихьизе, цадахъги рукӏана лъикӏал гӏадамал. Районалъул бетӏер Жаватхан Гӏалиханов вачӏана сайигъат-саламгун, цадахъ бетӏерав тохтурги вачун. Кӏудияб хъулухъалъул ва ишалъул чи, щибизе вукӏарав гьесие дун Тӏомурдаса цо херав чи, чан ратилел дун гӏадал унтарал, гьев чияс нечезеги гьавуна, разиги гьавуна. Дун жинца Россиялда бугеб лъикӏаб курорталде витӏизавилин вукӏана. Дица инкар гьабуна, дир гӏурус мацӏги босун Россиялде бегьуларо. Азербайжаналде яги Гуржистаналде витӏани жеги бегьилаан, гьенив дида къирал-пачазабазул даражаялда бицине лъала падаргун гуржи мацӏал. Гӏурусалъулгун дир гьудуллъи гьечӏо, гьанже больницаялда гурони рагӏунго букӏинчӏо бицунеб гьеб мацӏ, — ан абуна кӏудадаца.\nГъаякенталда хӏамамалда аралъув кӏудадаги, цойги лъабго херав магӏарулавги лъун руго цо палатаялъур. Лъабгоясда лъалеб букӏун гьечӏо гӏурус мацӏ бицине, гьезда гьоркьов цо чӏохъияв вукӏун вуго гӏурус лъалев ва азие нухмалъи гьабулев. Лъим гьекъон, хӏамамазда регун, тохтураз малъараб гьабун, лъикӏ ун буго азул яшав санаториялда. Гьенивго кӏудаинсуда ватун вуго цо нижерго районалдаса лъебелавги, кӏудияв чи вукӏун вуго довги. Цо къоялъ бакъанида дов лъебелавги, азул лъабгоявги ахикь хӏухьбахъулел хабаралда рукӏун руго. Аскӏове вачӏун вуго цо гӏолохъанчи, кӏалъан вуго магӏарулалъ, гьикъун буго киса щалали.\n— Мун киса? — ян гьикъун буго дов цӏикӏкӏарав лъебеласда.\n— Лъебелав вуго дун… — абун буго дос.\n— Таманал лъебелазул чахъабиги хъун кеп босана валлагь, — илан абун буго гӏолохъанчияс. — Ихдал ва хаслихъе магӏарухъа гъутаналде унел лъебелазул гӏиял рехъабаздаса цо-цо кьарияб жо хъамулаан нижеца Ракьуб-кьоде щвараб бакӏалдаса. Гьениб цо свери буго, цевесев вехьасдагун нахъа вугесда бакьулъа бакӏ бихьулареб, гьениса цо кьарияб жо цӏалаан хъархъалъе ва гьел тӏерхьарабго гӏурухъеги бачун хъолаан, — ян пударизе лъугьун вуго гӏолохъанчи. Херал, гӏолохъанчияс рицунел ругел санагӏат гьечӏел, ахӏмакъал жалги рагӏун, руцӏцӏун чӏун рукӏун руго. Дов асулгун лъай-хъвай ккарав лъебелав лъугьун вуго асде вагъизе, сахав чияс чияр боцӏи бикъуларин, гьеб хӏалихьалъи бугин. Гьел къацандулеб мехалда сабурго гӏенеккун вуго кӏудияв эмен гьезухъ ва хадув лъебеласде вуссун кӏалъан вуго.\nМухӏамад Бисавгӏалиев"}
{"slug": "20030-kavkazal-ul-rag-ul-kivar-tsiikikiaral-nugizal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20030-kavkazal-ul-rag-ul-kivar-tsiikikiaral-nugizal", "title": "Кавказалъул рагъул кӏвар цӏикӏкӏарал нугӏзал", "date": "2022-09-16 07:44:46", "categories": ["rel"], "text": "Араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана «Имам Шамилил 500 кагъат» абураб кӏиго тӏехьалъул цебебоси.\nГьенир гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана гӏалимзабиги, студенталги, миллаталъул тарих хириял магӏарулалги, тӏахьал гӏуцӏарал, жакъа нилъер бахӏарчияб тарих хадусел гӏелазухъе кьолел, миллаталъул жавгьараллъун жакъа нилъее ругел тӏехь данде гьабурал гӏолохъабиги.\nКагътал данде гьарун руго Мухӏамад Хӏамзаевас, Мухӏамад Шайихмухӏамадовас, Шагӏбан Хӏапизовас, Жамалудин Маламухӏамадовас, Гӏабдурахӏман Мухӏамадовас, Мухӏамадгӏарип Каримовас, Завурбег Жамалулаевас.\nГьел киналго ккола «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулзабиги. Гӏемер щола гьел газеталде гьоболлъухъ, гара-чӏварула магӏарул халкъалъул тарихалъулги маданият-адабияталъулги хӏакъалъулъ.\nТӏоцебесеб тӏехьалъе цеберагӏи хъван буго Мухӏамад Хӏамзаевас.\n— …Бищунго къиматал тарихиял документаллъун ва гӏелмияб рахъалъ Кавказалъул рагъул хӏакъикъат рагьулел нугӏзаллъун ккола Шамил имамасул кагътал. Гьел ккола доб бахӏарчияб заманалда гӏумру гьабулел рукӏарал, ватӏаналъе, диналъе, эркенлъиялъе гӏоло гъазаваталде рахъарал Кавказалъул халкъазул, жамагӏатазул, хасал гӏадамазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунел кӏвар цӏикӏкӏарал нугӏзаллъун.\nГьеле гьединаб букӏана дандеруссиналда кӏалъазе рахъаразул пикруги. Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас тӏехьалдаса цӏалана имамасул кагъталги.\nЖалго тӏахьал гӏуцӏараз ва кагътал гӏараб мацӏалдаса магӏарул мацӏалде руссинарураз бицана, кагътал данде гьарулаго, дандчӏварал захӏмалъабазулги, гьел кагътал данде гьаризе квербакъарал гӏадамазул цӏаралги рехсана.\nТадбир гӏуцӏадго нухда бачана тӏахьазе редакторлъи гьабурав ИЯЛИялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас.\nКӏалъазе рахъараз Мухӏамад Шайихмухӏамадовас, Рамазан Рамазановас, Тимур Айтберовас, Багьавдин Гӏалиевас, Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Зульфия Хӏажиевалъ, Мухӏамад Ибрагьимовичас, Мухӏамадрасул Мухӏамадовас, Мухӏамад Гӏабдулкъадировичас, Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас, Шамхалдибир Гӏисаевас тӏадегӏанаб къимат кьуна тӏахьазе ва гьел данде гьаруразе. Гьез абулеб букӏана гьел тӏахьал Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб премиялъе рихьизаризеги мустахӏикъал ругин абунги.\nАвтораз абуна кагътал данде гьариялъул хӏалтӏи жеги лъугӏизе гьечӏилан ва тӏахьазул хадусеб бутӏаги букӏине бугилан."}
{"slug": "20031-fazul-rekiel-takhida-baki-kinazego-guro-shcholeb-bukiarab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20031-fazul-rekiel-takhida-baki-kinazego-guro-shcholeb-bukiarab", "title": "Фазул рекӏел тахида бакӏ киназего гуро щолеб букӏараб", "date": "2022-09-16 07:47:44", "categories": ["gara"], "text": "Мариза Мухӏамадова ккола ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан. Гьей йикӏана гӏемераб заманаялъ Фазу Гӏалиевалъул кумекчӏужулъунги. Шагӏиралъул гӏумруялъул ахирисел къоязде щвезегӏан гьелда аскӏоса камичӏей, жийго Фазуца жиндирго рекӏел тахида тӏадегӏанаб бакӏ кьурай Маризахъе гьоболлъухъе щвана ниж ва хабар ккана, шагӏир Фазул гуреб, Фазу чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ\n— Мариза, тӏоцебе Фазу Гӏалиевалъулгун лъай-хъвай кин ккараб?\n— Нижер лъай-хъвай Дагъистаналъул гӏелмияб централда ккана — гьелъул юбилей гьабулеб сон букӏана доб. Институталъ тӏобитӏулеб букӏана Тӏолгороссиялъулаб гӏелмияб конференция. Гӏемерал гьалбал, гӏалимзаби, шагӏирзаби, хӏакимзаби, республикаялъул бетӏер вачӏун, Россиялъул даражаялда гьабулеб кӏудияб тадбир букӏана гьеб. Фазуги ячӏун йикӏана захӏматаб унтудаса хадуб гьеб данделъиялде. Дир гӏелмияб хӏалтӏиги, аслияб къагӏидаялъ, гьелъул асаразда тӏасан букӏиндал, докладги хӏадурун букӏана кӏалъазе яхъине. Доклад гьабун бахъиндал, киназго хъат кьабуна: «Бищун лъикӏаб доклад цӏаларай Маризае, дир бищун лъикӏаб, бищун кӏудияб квацӏи босе гьанибе!» — янги абун, Фазуца дунго яхчулебгӏан кӏудияб тӏугьдузул квацӏи кьуна дихъе, баркалаянги абун.\nГьебго къоялъ, конференция лъугӏун хадуб, гьелъ дун аскӏое ахӏана, къахӏан дир кверги ккун, гьимулаго абуна: «Дуе Фазу Гӏалиевалъул кумекчӏужулъун йикӏине бокьун гьечӏищ?» — ин. Дица божилъи гьабуралъухъ баркала кьуна, амма бачӏинахъего щиб абилебали лъаларого хутӏун йикӏана. Хадубги Фазуца тӏаде жубана: «Мун ургъе, щибаб къоялъ, бокьа-бокьарав чиясе кьоларо Фазу Гӏалиевалъ гьединаб предложение», — ян.\nАллагьас хъвараб жоялдаса кьуризе бакӏ букӏунарелъул, долдаса нахъе гьелъул гӏумруялъул ахирисеб къоялде щвезегӏан, цадахъ ккана дун.\n— Ритӏухъ гьабунищха дуца гьелъул божилъи?\n— Фазуца абухъего, бокьа-бокьарав чи гьелъ аскӏове гӏагар гьавулароан, амма рекӏелъе виччан хадув, гьес щулияб бакӏ гьелъул гӏумруялъулъ кколаан.\nДой йикӏана цо балагьарабго гӏадамасе къимат кьолей гӏадан. Кинаб бералдалъун гьей гӏадамазухъ балагьулей йикӏарай, кин гьелда чиясул рекӏелъ бугеб бихьулеб букӏарабали дида лъаларо — Аллагьас кьураб хасаб гьунар батилин толаха. Ритӏухъавги хиянатавги чи, бачӏинахъего ватӏа вахъизе лъалаан долда. Тӏоцебе берчӏварабго тӏаса вищулаан Фазуца жиндиего хӏалтӏухъан. Гьеб тасдикъ гьабизе кӏола гьелда цадахъ хӏалтӏизе кканщинас — «Магӏарулай» журналалъул ясазги (Фазуца тӏаса рищарал ясал руго гьенир хӏалтӏулел), «Руччабазул союзалъул» хӏалтӏухъабазги.\nДида цӏехани, дица лъиего, кидаго ва сундулъго ритӏухълъи цӏунула — Фазу Гӏалиева, Муса Мухӏамадов, гӏадатияв инсан вукӏа, щив ватаниги батӏалъи гьечӏого. Лъида аскӏой кканиги, дица дида тӏадаб жо гьабула ва бадибе абула абизе ккараб рагӏиги, щивниги чи ватӏа вахъичӏого, лъиениги хӏеличӏого. Аманат цӏуниялдаса хирияб ва къиматаб жо гьечӏо ракьалда. Божилъи гьабизе бегьулев чи ватиги — кӏудияб талихӏ буго инсанасул. Бищунго къиматаб, бищунго батизе къанагӏатаб гӏамал буго гьеб. Гьитӏинаб къоялдасаго дир бидулъ ва рекӏелъ эбелалъ лъун букӏана хиянат гьабизе бегьунгутӏи. Дида божилъи гьабураб жо Аллагьасда цебе аманат гӏадин цӏунизе яхӏ бахъулаан кидаго, щивго ватӏа гьавичӏого. Фазуе батӏияй, цогидазе батӏияй йикӏинчӏо дун. Гьеб гӏамал гьелда бихьун батани, лъалароха, мун кутакалда гьунар бугей гӏадан йиго, гӏисинлъиялъ чӏвазе йикӏунгеянги гӏемер абулаан гьелъ дида. Дица гьелда гьикъичӏо щай дуца дун тӏаса йищарайин абун. Амма гӏаламалъго тӏаса йищарай, улкаялъго кӏодо гьаюлей, бищун тӏадегӏанал шапакъатал жиндие щварай, сундулъго тӏокӏай шагӏиралъ тӏаса йищун йикӏарай ятани, кигӏан ритӏухъайлъун, божилъи цӏунулейлъун дун йикӏине кколей. Дида бичӏчӏулаан хиянатчагӏазул гъугъдуца чӏварай Фазуе кигӏан хӏажат йикӏарай дунали. Тӏадежоялъе, гьей дир гӏакълуялде хьул лъурай, дир рагӏуде гӏин тӏамулей, гьеб хӏажатай йикӏарай ятани (гьелъ абухъегоха). Жакъа нужее гурони, жеги лъидениги бикьараб пикру гуро гьаб. Дие цониги жо лъугьине гурин, хӏинкъулаан дой, мунагьал чурад. Гьеб гуребги, жиндирго миллаталда, халкъалда, улкаялда цебе гьелъул букӏараб ритӏухълъи, гьезие гӏоло рухӏ кьезе хӏадурлъи, кӏийиде кьабун дидеги бахунаан, кӏицӏуса цӏикӏкӏун дидасаго тӏалаб гьабулей дунги йикӏунаан. Бажарараб хӏалалъ тӏаде ккараб хӏалтӏи тӏубалаан: «Дица гьабги-добги гьабунин, гьабулеб бугин, гьабизе бугин» ахӏи бачӏого, ишаздалъун божилъи тӏубазе яхӏ бахъулаан.\n— Аслияб хӏалтӏи щибха букӏараб дуца гьабулеб?\n— Фазу йикӏана жигарай хӏалтӏухъан. Дунялалда бараб 83 соналда жаниб гьелъ хъван тарабщинаб жоялъул хӏисаб гьабизе ккани, чанго чиги, чанго сонги къваригӏина. Нусгоялдаса цӏикӏкӏараб тӏехь хъвана гьелъ, макъалаби, докладал, кӏалъаял, гара-чӏвариял, цогидаб гьабураб хӏалтӏи рикӏкӏинчӏого. Дагъистаналъул миллаталъул рикӏкӏеналдасаги цӏикӏкӏараб тираж букӏунаан гьелъул тӏахьазул — щуго миллионалде бахъунаан цо-цо тираж советияб заманалда. Исана, гьале дагьаб цебегӏан, къватӏибе бачӏана республикаялъул Миллияб библиотекаялъ хӏадур гьабураб Фазул библиографиялъул указатель — «Мугӏрузул улкаялъул гьайкар» абун цӏаралда гъоркь. Дица хъвараб цеберагӏиги буго гьелда. Цебе чӏезабизе бигьаяб ирс гуро Фазу Гӏалиевалъ нахъе тун бугеб гьеб указателалъухъ халгьабураб мехалъ. Кинабниги библиотекаялъул архивазда цӏунун ругел гьелъ къватӏире риччанщинал тӏахьазулги, макъалабазулги, таржамабазулги сияхӏ гьабун рикӏкӏани, 1913 материал буго гьениб. Гьединлъидал, кигӏанги гӏемер букӏана гьабизе ккарабги, гьабурабги, хадубккун гьабизе бугебги хӏалтӏи.\nДун лъараб къоялдаса нахъе Фазуца лъихъениги кьечӏо жиндирго асарал. Щибаб цӏияб асар компьютералде босулаан дица, битӏизабулаан, дирго пикру бицунаан. Хадубги Фазуца хӏисаб гьабулаан жинцаго хъвараб-таралъул, цинги газет-журналазде кьолаан, ялъуни тӏубанго тӏехь хӏадур гьабулаан. Цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккулаан дица щиб абулищали жиндирго цӏияб асаралъул хӏакъалъулъ. Асаралъул загӏипалги къуваталги бакӏал нижер данде ккани, цо пикруялде рачӏани — цӏакъ разилъулаан. Кинабниги 5-6 тӏехь буго магӏарул ва гӏурус мацӏазда хъварал дица хӏадур гьарурал. Гьезие цеберагӏиги дица хъвалаан. Цадахъго унеб букӏана гьелъул вас, мунагьал чураяв Махӏач Мухӏамадовасги дицаги хӏадур гьабулеб, Фазуца гӏурус мацӏалда хъванщинал асаразул томазда тӏад хӏалтӏи. Щибго гъалатӏ ккезе бегьулареб, таржамачагӏи мухӏкан гьарун, щибаб асаралъул хъвараб заман чӏезабун, гӏезегӏан чӏамучӏаб, хӏалуцараб хӏалтӏи букӏуна шагӏиралъул тӏаса рищарал асарал данде гьаризе ккани. Кинабниги 12 том гӏуна нижер гӏурус мацӏалда рахъарал гьелъул асаразул. Фазул юбилеялде хӏадурлъулел рукӏана гьел, Алхӏамдулиллагь, рагӏалдеги рахъана. Исана къватӏире рачӏиналде хьулги буго.\n— Дуе Фазул рокьулел рукӏарал гӏамалал?\n— Лъимералъул гӏадаб божилъи букӏин. Кигӏан гӏемер бухӏи бихьаниги, кигӏан гӏемер хиянат дандчӏваниги, доб гьитӏинаб лъимералъул гӏадаб бацӏцӏадаб божилъи букӏунаан гьелъул чиясда.\nГьелдасаги цӏакъ — кутакалда халкъалъе, Ватӏаналъе ритӏухъай гӏадан йикӏана мунагьал чурад. Гьаб дунялалда кколебщинаб чӏвай-хъвеялъул, квешлъиялъул гӏайиб жинда бугеб гӏадин, ургъалилъ йикӏунаан: «Балагьеха, цо ккун бугеб жо!? Кин кӏолеб чиясде квер борхизе?! Аллагьас кьураб рухӏалде ишан босизе кканиха! Щибдай гьабун лъикӏ?» «Доба кибалиго дунялалъул рагӏалда бахъараб кьвагьиги дудего тӏаде щай цӏалеб?» — абуни, жаваб кьолаан: «Дунлъидал халкъияй шагӏир. Халкъалъул къварилъиги гӏатӏилъиги дицалъидал гӏахьал гьабизе кколеб. Дидалъидал батизе кколеб хӏажатаб рагӏи, рагъ-кьалги чӏвай-хъвейги ккечӏого букӏине гьаб ракьалда. Дида батун гьечӏоха гьеб зарал нахъчӏвалеб рагӏи», — йинги абун, ургъалилъ йикӏунаан. Гьелъул хӏакъалъулъ «Цо къуватаб рагӏи къваригӏун буго» абураб поэмаялда хъванги буго Фазуца. «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб тӏехьалде араб поэма буго гьеб.\nДунялалъул квешлъи кӏвекӏизе кӏолеб цо къуватаб рагӏи балагьулаго гӏумру анила чанги гӏасрабазда гӏумру гьабун рукӏарал гӏакълу-лъай бугел аза-азар шагӏирзабазулги, гӏакъилзабазулги, гӏалимзабазулги. Аза-азар тӏахьал хъванила ракьалдаса питнаги, жахӏда-хӏусудги, хъублъиги, чӏвай-хъвейги тӏагӏинабиялъе гӏоло. Жиндирги гӏумру анила гьеб къуватаб рагӏи балагьулаго: «Цо къуватаб рагӏи, къвакӏараб калам, кинавго чиясул рекӏелъе унеб,.. камилаб гӏадлу кьун гӏадан куцалеб, гьетӏараб дунялги битӏизабизе» кӏолеб. Амма лъиданиги батизе кӏвечӏила гьаб ракьалдаса хъублъиги питнаги бачахъизе кӏолеб къуватаб рагӏи. Дунялалда вижанщинав шагӏирасдаги, гӏалимасдаги, жиндаги бичӏчӏичӏила гьединаб къуватаб, къвакӏараб, хӏажатаб рагӏи нилъехъе Аллагьас битӏараб каламалда — хирияб Къуръаналда букӏин. Ахир-къадги киналниги дунялалъул рагӏабазда гьоркьоб, бищунго хӏажатаб рагӏи Аллагьасул каламалда бугин, гьелда мугъчӏвай гьабуни, кинабниги квешлъиги тӏагӏунин, нилъее Алжанги насиблъулин хъвана гьелъ. Киндай гӏадамал кантӏизарилаян ургъалилъ йикӏунаан кидаго.\nЦоги, гьей йикӏана жигарай хӏалтӏухъан. «Хӏалтӏизе ккола чи. Хӏалтӏуца гурони чи гьавуларо. Щивав чияс жинди-жиндир хӏалтӏулеб бакӏалда, жинда тӏадаб хъулухъ букӏине кколеб къагӏидаялъ тӏубани, дунялалда кинабгӏаги проблема букӏунаро, букӏинеги гьечӏо», — ян абулаан гьелъ гӏемер. Жийгоги хӏалтӏулаан унта-шокълъиялъухъ балагьичӏого: цояб стол дарабазул, цогидаб стол цӏун букӏунаан ручка-къаламалъул, рацӏцӏадал тӏанчазул ва тӏахьазул.\n— Фазуе жиндиего инсанасулъ рокьулел рукӏарал гӏамалал?\n— Ритӏухълъи. Ритӏухъав чи вукӏана гьелъие бищун берцинавги, бищун цӏодоравги, бищун гӏакъилавги, бищун лъикӏавги чи.\n— Рокьуларел?\n— Рекӏкӏав, хиянатав чи — абадиялъ тӏадвуссунареб бакӏалда тӏупун, тӏокӏаб гьесул хӏакъалъулъ калам тӏад гьабичӏого нуцӏа къалаан гьелъ гьезда цебе жиндирго рекӏелъ. Гьебги — цо нухалъниги чиясул хиянат бихьани. Кӏвахӏалав чиги вокьулароан гьелъие. Мацӏихъанги бачӏинахъего рикӏкӏад гьавулаан. Гьал гӏамалазул кинаб цебе лъелебали лъаларо, амма кӏвахӏалав чиги хиянатчиги цӏакъго рихарал рукӏана.\nЦоги: «Гӏисинлъиялъул бицунел чагӏи», — йин абулаан гьелъ. Тӏубараб къагӏидаялъ щиб магӏна гьеб рагӏулъ лъолеб букӏарабали чӏванкъотӏун абизе кӏоларо, амма «гӏисинлъиялъ чӏвазе рукӏунгеянги» абулаан зама-заманалда.\n— Киназулго йиго жидерго Фазу, дур хӏисабалда, дур рекӏелъ кинай Фазу йигей?\n— Къокъаб къагӏидаялъ дица цебе хъваралдаса бичӏчӏизе бегьула кинай гьей дир пикрабазулъ хутӏараяли. Гьайгьай, щибаб гӏумруялъул лахӏзаталда батӏи-батӏияй Фазу цее ячӏуна. Шагӏир хӏисабалда, щибаб лъугьа-бахъиналда хурхун шигӏраби рикӏкӏуней цее чӏола. Кидаго садакъа бикьулей, «жакъа хирияб рузманкъо бугоянги» абун, щиб-щибниги бикьулей йикӏунаан кидаго. Унти, макьу-квен тун хӏалтӏулей цее чӏола. Кибниги данделъи букӏун, кӏалъазе яхъине кколей йигони, 39-ялде цӏа-кан бахун бугониги, кигӏан унтун йигониги, сихӏ тун, лъидаго бицинчӏого, щибго гьечӏей гӏадин халкъалъухъе уней. Жийго ине кӏолеб хӏал гьечӏони, тӏубанго тату хвараб мехалъ дида божилъи гьабун: «Бокьараб бице, дица мун вакил гьаюлей йиго, лахӏавла вала къувватаги баче, дуе нух битӏаги», — абун дун нухда лъолей. (Первозванныясул орден щун хадуб Москваялда тӏобитӏулеб (ЦДЛалде) жиндирго юбилеялдеги гьединго дун йитӏана). Форма ретӏарав гӏолохъанчи вихьани, гьесда аскӏоеги ун: «Щиб хӏал бугеб, дир месед? Къваригӏараб-тараб бугищ? Хъулухъ кин унеб бугеб?» — абун солдатазда, милицонеразда, эбелаб калам гьабулей. Лъазего лъаларев чиясдаха гьелъ гьеб гьикъулеб букӏараб.\nГьелде тӏадеги, гьей йикӏана кутакалда ракӏ тӏеренай, сундуего, лъиего жиндир рекӏел хинлъи бикьизе хӏадурай, квер гӏатӏидай. Аллагьасукьа хӏинкъулей, йихьизе гурейги, ятулей бусурбанчӏужу (жеги бакъвараб чед нахе рехизе кӏварай гӏадан гуроха гьей — хӏакъ батулинги абун). Йижараб ракьалъеги, тӏолго дунялалъеги цого къагӏидалъ ритӏухъай, дунялалъул ургъел гьодитӏаги лъун, халкъалъе хӏалае батулеб рагӏи балагьулей, хӏатталдаса ун хӏалтӏулей, хӏалтӏулел чагӏиги рокьулей, цӏа ккаралъуй йортулей, кьвагьи бахъаралъуй цее яхъуней, унго-унгояй ватӏаналъул яс. Гьей йикӏана гьаб улкаги, улкаялъул васалги абураб унти бидулъги рукьбулъги бессарай гӏадан. Къокъго Фазул хӏакъалъулъ бицун бажарулеб жо гуребха, кигӏан яхӏ бахъаниги. Тӏубараб сипат цебе чӏезабизе ккани, дагьа-дагьабниги бицине кколеб буго. Амма гьей йикӏана азарго батӏияй, лъицаниги гьабун бажаричӏеб лъикӏлъи, хъван бажаричӏеб тӏехь хъварай гӏадан.\n— Захӏмат букӏанищ гьейгун хӏалтӏизе?\n— Захӏмат букӏанищ дуе Фазу Гӏалиевагун хӏалтӏизе абураб суалалъе шагӏиралъ щиб жавабдай кьезе букӏана?! Гьеб лъазе кӏварав чиясда бичӏчӏила дица кьезе бугеб жавабги. Гьелъул хӏакъалъулъ хадусеб гара-чӏвариялда бицина, нужее бокьани, иншаАллагь.\nГара-чӏвари гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ."}
{"slug": "20032-l-imer-kutsaze-kkola-kinidago", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20032-l-imer-kutsaze-kkola-kinidago", "title": "Лъимер куцазе ккола кинидаго", "date": "2022-09-16 07:50:56", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Республикаялъулаб Лъай кьеялъул централда гьал къоязда тӏобитӏараб данделъиялда бицана школазул цӏалдохъабазеги гӏолилазеги тарбия кьеялъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Данделъиялъул гӏахьалчагӏазул пикруялда рекъон, лъай кьеялъул идарабазда щолеб тарбия ккола рухӏиябгун муруватияб бичӏчӏи лъугьиналъе кьучӏлъун.\nЛъица кьезе кколеб лъималазе тарбия – эбел-инсуцайищ, лъай кьеялъул идараялъищ? Гьанир кьолел руго гьеб суалалъе нижер цӏалдолез кьурал жавабал.\nИнтернеталъ кьола тарбия\nНизамудин Гъазиев: «40-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏана дун школалда, амма жакъа гӏадинаб хӏал киданиги букӏинчӏо. Дун цӏалана батӏи-батӏиял интернатазда. Учительзаби лъикӏал рукӏиналъ батила, гьез дилъ бижизабуна адабияталде рокьи. Доб заманалда учительзабаз ниж рухулаан, тӏекълъи гьабулел ратидал. Рокъоре щведал, жеги тӏаде жубалаан эбел-инсуцаги.\nЖакъа дарсида гӏадлу хвезабунин абун, учитель вагъани, учитель гӏадлуялде цӏазе нахъе къаларо цӏалдохъабазул эбел-эмен. Лъимадуе кьолеб тарбиялъул цӏикӏкӏарасеб жавабчилъи тӏаде ккола эбелалде. Эмен вуго рукъалъул завхоз гӏадав чи. Гьесул бер балагьиго гӏезе ккола лъималазе. Хъизам хьихьизе хӏаракат гьабулаго, эмен регӏуларо лъималазе тарбия кьезе. Гьединлъидал эбелалде ккола цӏикӏкӏарасеб хӏалтӏиги. Амма кинабгӏаги щаклъи гьечӏо: тарбия кьезе ккола, тӏоцебесеб иргаялда, рокъоб».\nРес бугел эбел-инсул васлъун вукӏаравани…\nМухӏамад Хӏасанов: «Гӏарац гьечӏев чи жакъа лъиегӏаги хӏажалъулев гьечӏо. Тарбиялдаги, адабалдаги, гьудуллъи-вацлъиялдаги тӏад кверщел гьабулеб буго гӏарцуца.\nЦебе заманалдаги гьедин букӏун батила, амма доб мехалда гӏадамазулъ ращалъи букӏана. Гьелдаго цадахъ социалияб ращалъиги гьечӏо. Гьелъ буго кинабго хвезабун».\nЗакария-хӏажи Хамагов: «Тарбия бугони, кинабго букӏуна, гьечӏони – букӏунаро. Абула, кӏал бацӏцӏунареб мацӏ букӏунарин. Амма кинабго бацӏцӏун, къулчӏизеги бегьуларо.\nДун хӏалтӏулев вуго лъималазул ахикь. Бечедазул лъимал кидаго рачӏуна гӏодулаго. Ресукъал гӏадамазул лъимал гӏодуларо. Тарбиячӏужуялъ малъарабги гьез гьабула, гьезулгун хӏалтӏи гьабизеги бигьаго букӏуна.\nЦебе кьиндал киназго ретӏулаан хохолчакмаби. Дир ретӏине хьиталги рукӏинчӏого, эбелалъ хьитазул устарасда гьарана диеги гьитӏинав вацасеги хьитал гьареян абун. Досухъ балагьулев чиясда дида ракӏалде ккана, дихъаги бажарилин хьитал рукъунин абун. Коцода хьит чӏвазе дихъа бажарана ва дица диего хьиталги гьаруна. Гьеб заманалдаса нахъе эбелалъ дие къанагӏат гурони хьитал росизе ккечӏо. Рес бугел эбел-инсул васлъун дун вукӏаравани, дие щвелароан хьитал гьаризе махщел».\nЭбел-инсуца\nкьолаан тарбия\nСалман Хӏасбулаев: «Нилъеца лъимер гӏезабизе ккола, школалде иналдего, тарбияги кьун. Адабияталдаги маданияталдаги рекъон гуро куцазе кколеб лъимер – куцазе ккола нилъерго гӏадаталда рекъон. Гӏаданлъиялде ругьун гьабизе ккола. Гьеб мехалда букӏуна гьеб унго-унголъунги тарбия щвараб лъимерлъун. Кинидаго лъимер куцазе ккола адабалъеги, хӏурматалъеги, гӏадлуялъеги. Гьелда квешаблъун, сурукъаблъун бихьизабизе ккола такъсирияб рахъ, малъараб гьабунгутӏи. Лъикӏал рахъазул тарбия кьезе ккола гьелъие эбел-инсуца. Ниж школалда цӏалулеб мехалда тарбиялъул рахъ букӏинчӏо. Гьадин гьабе, додин гьабеян малъулароан. Нижее букӏана цого-цо трудалъул кӏиго дарс – росдал магӏишаталъул трудги, жамгӏияталъе пайдаяб трудги. Эбел-инсуца рокъоб кьолаан тарбия. Нагагь учителас яги кӏудияв чияс малъараб гьабичӏони, рокъоре щвараб мехалда эбел-инсуца гӏадлу гьабулаан. Гьанже рокъоб тарбия кьолеб гьечӏо. Учителас дагьаб жо кӏутӏани, школалде рекерула, жидер лъимер буханилан гӏарзахъдула.\nЗахӏматалъ лъадарула гӏаданлъи, гӏаданлъиялъ – гьудуллъи. Дун анкьабилеб классалда цӏалулеб мехалда ниж тӏамуна хӏорихъа росулъе лъим бачине – ракъдалаб сон букӏиналъ, школалъул ах лъалъазе лъим щоларого букӏун. Амма нижеца лъим баччичӏого, расандулаго инабуна заман. Гьеб мехалда учителас хьопоца рухана ниж. Нижер классалда вукӏана Гъуниб интернаталда цӏаларав, дагьа-макъаб гӏурус мацӏги лъалев вас. Гьес абуна, Болъихъ райОНОялде рилълъине кколила гьеб бицине. Тӏасияб къоялъ, школалдеги инчӏого, ана Болъихъе. Дора ратана дирго эменги дов учительги. Болъихъа рокъоре щвезегӏан рачана гьез ниж, рацӏунаго. Рокъобги букӏана кӏудияб тамихӏ.\nГьедин кьолаан тарбия. Гьелдаса вохаравги вуго дун. Нижее учитель вукӏана бакъ гӏадинав чи».\nМалъун чи вахъунаро, бегӏерун заз бижуларо\nМинай Гӏумаханова: «Классалда гӏодобе бортараб кагъат кодобе босеян абуни, жакъасев цӏалдохъанас абула гьелъие тарай гӏадан кколин уборщицаян. Улбулги кӏанцӏула, классалда рацӏцӏалъи гьабизе гурел, цӏализе ритӏун ругин школалде лъималин абун.\nГӏатӏго кьуричӏони, бакъварабго бекулин аби буго. Динги тӏибитӏараб, исламалъги куцазе кколеб заманалда лъималазда лъалеб гьечӏо квегӏаб квералъ кваназе бегьулареблъи, гӏодобе бортараб чадил рекел кодобе босизе кколеблъи. Нижеда малъулаан, чед гӏодулин, гӏодоб тезе бегьуларин, мунагь букӏунин абун. Жакъа щиб бихьулеб бугеб? Чадил цӏезарурал рощнол къалалги, гӏадлу гьечӏеб хьвада-чӏвадиги, чӏахӏиязде данде кӏал кьабиги.\nНилъеца, ай эбел-инсуца, рокъоб бицунеб батараб мацӏ бицуна лъималазги. Гьединго, эбел-инсуца гьабулеб хӏалтӏи бихьани, гьеб гьабичӏого рес щиб лъималазе? Эбелалъ гьабураб гурони, лъималазги гьабуларо. Гьанже улбузги гьабулеб гьечӏелъулха щибго. Лъималазе кьелелде цебе гьезул эбел-инсуе кьезе къваригӏун буго тарбия».\nРаисат Батагӏалиева: «Малъун чи вахъунаро. Цо рокъоб хьихьараб кӏиго лъимадуе батӏи-батӏияб малъи букӏунаро. Амма цояв гӏадилав лъугьуна, цогидас малъго босуларо. Мисалалъе, цояс хӏаракат гьабула гъурщида тӏаде гъурущги лъун, жиндирго мурадалде щвезе рес. Цогидас, маян кодобе кьураб нусазарго гъурущги хвезабун, жеги кьеян вачӏуна. Малъараб босулел лъугьаги лъимал!»\nТарбия буго гӏадамасул чехьалда бараб\nРамазан Мухӏамадов: «Жакъа лъималаз гьабуларо жидерго рукъалъе къваригӏараб жо гурони. Нижер росулъ, мисалалъе, гӏакӏа ахӏула, пуланаб хӏалтӏи гьабизе кколин, жамагӏат бахъаян абун. Гьенире кидаго рачӏуна цого чагӏи. Тарбия буго гӏадамасул чехьалда бараб. Гӏорцӏарасда вакъарав лъаларо. Цӏакъго гӏорцӏун вугони, щибгӏаги жоялъул ургъелги букӏунаро. Дагьабго чехь бакъани, гьелъ кьола тарбия. Ракъи бихьугеги, амма чехь бакъизабуни гурони, тарбия кьун бажаризехъин гьечӏо».\nХӏабиб Мусаев: «Васас малъараб гьабичӏеб мехалъ, «гьев жеги гьитӏинго вугин, лъабго сон гурони бачӏин» абурабила цо чияс. Лъабго соналъ кватӏун вугинха мун гьесие тарбия кьезеян жаваб кьурабила гьесие. Гьарураб къоялдаса нахъего кьезе ккола тарбия лъимадуе. Рокъоб кӏиго-лъабго лъимадуе гӏадлу гьабун бажаруларел чагӏи 30-40 цӏалдохъан цеве вугев учителасда гӏайиб чӏвалеб заман бачӏун буго. Кодоб указкагун гӏадлу гьабулеб заманалъул лъималазул лъугьана лъикӏал гӏадамал. Гьанже лъимералда рагӏи абуни, полиция ахӏула».\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "20033-l-adi-betier-jigoni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20033-l-adi-betier-jigoni", "title": "Лъади бетӏер йигони…", "date": "2022-09-16 07:56:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гъизилюрт шагьаралдаса пенсионер Арсланов Мухтарица битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Цебе лъадуе росасул калам букӏунаан законлъун ва малъаралдаса гьей кьурулароан. Жакъайин абуни, кинабго буго гӏаксалда. Исламалъ чӏужугӏаданалъе изну кьоларо рос яги вац цадахъ гьечӏого хӏежалдецин ине. Амма гьанже руччабазе щун буго хӏатталдаса араб эркенлъи: кафе-рестораналги гьез рахъана, курорт-санаториялги гьез цӏун руго, лъудбуз бахъун буго хъизамазул бетӏерлъиги».\nМухтарица гьаниб цӏияб масъала гуро борхулеб бугеб. Гьелда тӏасан бахӏсалги дагӏбабиги рукӏуна годекӏабахъ. Масала, годекӏанив вукӏарав цо херас абуна: «Ахираб рагӏиги руччабазухъ, гӏарац тӏад бугеб карточкаги лъудбузухъ, бихьинал кколел руго, Пушкинил «О рыбаке и рыбке» абулеб харбида гӏадин, берцин рихьизе, лъудбузда сверун терхолел чагӏи. Тохлъи биччани, чӏужуялъ «Дурачина ты, простофиля!» — ян ахӏиладаян, хӏинкъун рукӏунел тухьулаби», — ян.\nМагжилъеги гьимун, цогидас абуна: «Лъудбуз росабазда тӏад кьили лъей бигьаяб жо, кьолода гъоркье тамахаб тӏенкгӏаги рехулебани», — ян.\n«Битӏараб буго, лъадудаса хӏинкъуларев рос вукӏунаро, гьелъие нугӏлъи гьабула гьадинаб цо биценалъги», — ян, берги къинкӏун, бицана лъабабилес: «Паччахӏас ракӏарун руго сверухълъиялда ругел киналго бихьинал. Лъун буго кӏиго чадир ва абун буго: жив лъадукьа хӏинкъулин рикӏкӏунев чи а квегӏаб чадиралда жаниве, рикӏкӏунарев – квараналъуве. Цояв хутӏизегӏан, киналго бихьинал ун руго квегӏаб чодрохъе. Гӏицӏго цо чи ун вуго квараналъуве. Гьалгощинал бихьиназда гьоркьоса цохӏо мунищха лъадукьа хӏинкъуларев чиян паччахӏас гьикъидал, гьес жаваб кьун буго: «Лъадуца гьукъун буго дие киназдаго цадахъ ине», — ян.\nНилъеца гӏумру гьабулеб буго гӏадатияб гуреб заманалда: холел руго гӏадатал ва хисулел руго тӏоцебесеб кӏваралъул культуриял бечелъаби. Гьезда гьоркьобе уна рос-лъадуда гьоркьор хъизамалъул тӏадал ишал рикьиги. 50 соналъ цебеги рос кколаан хъизамалъул хӏакъикъияв бетӏер, лъади – сундулъго гьесие мутӏигӏай гӏадан. Цоги рагӏабаздалъун абуни, рос – хъизам хьихьулев чи, лъади – гъансито цӏунулей гӏадан. Жакъа гьеб низам хисун буго, ва гьабсагӏаталда гьедигӏан къанагӏатаб хӏакъикъат кколаро чӏужугӏаданалъ хъизамалъе бетӏерлъи гьаби. Тарихалде ана чара гьечӏого бихьинчи хъизамалъул бетӏерлъун вукӏине кколин абулеб бичӏчӏи. Цере бихьинчияс хьихьулаан лъадиги лъималги, лъади йикӏана тӏуянго гьесда ярайлъун. Малъараб гьабичӏони, росас гьей рокъоса къватӏие гъезе, ай ресукълъиялда тезе бегьулаан. Жакъайин абуни, лъадул харж росасулалдаса цӏикӏкӏараб букӏуна, гьелдалъун хисулеб буго хъизамалда жаниб ахӏвал-хӏал. Щакаб жо гьечӏищха, жиндиегоги лъималазеги хӏажатабщинаб жо чӏезабун бажарулей чӏужугӏадан росасе мутӏигӏай йикӏин.\nЖакъа хъизамалъул цевехъан щив кколевин абураб суалалъул буго кӏиго рахъ: гӏарцулаб ва психологияб. Гьайгьай, гьездаса аслияб ккола гӏарцулаб, ай харж лъие цӏикӏкӏун щолеб абураб. Гӏарац балагьунги бажаруларев, богорокъоб кран къачӏазеги лъаларев рос вугей чӏужугӏаданалъ, бокьаниги бокьичӏониги, жиндаго тӏаде босизе ккола хъизамалъул жавабчилъи. Лъади хӏалтӏуда йикӏаго, диванги хинлъизабун, лъималазул тӏалабги гьабун, рукъалъул магӏишатги бачун, чӏужугӏаданалъул пишаялда рос вугел хъизамал къанагӏатги рукӏунаро талихӏал ва щулиял. Гӏемерисеб мехалда гьеб ахӏвал-хӏалалъ рачуна цоял цоязда ричӏчӏунгутӏиялде, дагӏба-рагӏиялде ва хъизамал риххиялде.\nГьеб масъалаялда тӏасан гьабураб цо вагӏзаялда букӏана гьадинаб пикру: «Щияй чӏужугӏаданалъе бокьула жиндаго аскӏов вукӏине къуватав, таваккалав, жавабияв ва жиндирго гӏакълу-чӏаголъиялдалъун хъизамалъул гӏумру-магӏишат бачунев бихьинчи.\nЖинцаго хӏукму гьабизе бихьинчи толев гьечӏони яги гьесул хӏукмуялда тӏад релъулел ругони, заманалдасан гьесул гӏамал-хасият хисула, гьесулъ «хола» бихьинчилъи, гьев божула жив гьадингосев тухьули вугин абулеб жоялда. Чӏужугӏаданалъ тарбия кьун гӏезавула бихьинчи. Амма тарбия кьезе бегьула чӏужугӏаданалъулаб куцалда: рокьи ва реэди хӏалтӏизабун; гьединго бихьинчиясул къагӏидаялда: кьварун ва таваккалаб гӏамалалъул жигарлъиялда. Амма чӏужугӏаданалъул ва бихьинчиясул тарбияз кьола кӏиго батӏияб хӏасил. Гӏицӏго унго-унголъунги бажари бугей, таваккалай гӏадан йикӏине бегьула тамахайлъун. Ахӏмакъай гӏаданалъ кидаго жигар бахъула бихьинчиясдаса цее кӏанцӏизе, гьесдаса гучай, таваккалай, цӏодорай ва гӏакъилай йикӏине, цебехъанлъи бахъизе. Тӏабигӏаталъ жиндие бихьизабураб бакӏ ккола гӏакъилай гӏаданалъ росасде тӏамула аманат ва рекъола гьесул хӏукмуялда. Бихьинчи бихьинчилъун лъугьуна жинцаго хӏукму гьабизе бугеб ихтияр гьесухъа бахъулеб гьечӏони, хъизамалъул жабавчилъи гьесда хадуб цӏунулеб бугони, гьесда божулел ругони, гъалатӏ биччанщинахъе гьесда хӏунсулеб гьечӏони, гӏакъилай гӏаданалъ гьесул ракӏ-макӏ гьабулеб бугони. Гӏурусазул кашиш Дмитрий Смирновас абуна:\n— Жакъа бихьинчиясул тайпа хун буго, гьесулъ мукъсанлъулеб буго бихьинлъиялъул тӏабигӏат. Гьесулъ бессулеб буго чӏужугӏаданалъул ва лъимерлъиялъул гӏамал. Гӏемерисел бихьинал 35-40 сон базегӏанги хутӏулел руго лъималлъун. Гьел «лъималазухъа» бажарулеб гьечӏо хъизам хьихьун, гьеб цӏунун, жидерго лъималазе тарбия кьун… Гьезухъа бажаруларо бихьинчиясда тӏаде кколел масъалаби тӏуран. Гьединлъидал чӏужугӏадан хъизамалъул бетӏерлъун лъугьин рикӏкӏине ккола рес къотӏараб ишлъун. Чӏужугӏаданалъги гьеб жавабчилъи жиндего тӏаде босичӏони, биххула хъизам.\nГьединаб ахӏвал-хӏал лъугьиналъе буго кӏиго батӏияб гӏилла. Тӏоцебесеб: бихьинлъи-цӏулъи цӏехечӏого, школалда тарбия кьолеб къагӏида, ай васазеги ясазеги цо тайпаялъул тарбия кьей. Кӏиабилеб: дагьал лъимал ругел хъизамазда цӏикӏкӏараб гӏелалъул «лъимадуе» эбелалъ чӏамун карш кьолеб букӏин. Гьеле нужее жакъа лъугьинчӏел бихьинал рукӏиналъе ругел гӏиллаби. Чӏахӏиял хъизамазда васал рукӏуна сундулъго къец бан ва чияда бан гьечӏолъи цӏунун бажарулел, кьварарал ва таваккалал.\nСоциологаз гьарурал цӏех-рехаз бицунеб буго, чӏужугӏадан хъизамалъул бетӏерлъун лъугьиналъе ругел гӏиллаби:\nКӏвахӏ. Рос кӏвахӏаллъулев вугила, бетӏерги квералги хӏалтӏизарун, хъизамалъул кӏвар бугел масъалаби тӏуразе ва гьев хӏадур вугила хъизамалъул бетӏерлъи, жиндиего бокьун, лъадухъе биччазе.\nГьекъолев рос. Гьекъолдухъанасухъа бажаруларо хъизамалъе бетӏерлъи гьабун.\nБихьинчиясул гӏакълу-пикруялъул мукъсанлъи.\nЧӏужугӏаданалъул чорхолъ бессараб цӏакълъи-тӏокӏлъиялъул асар;\nИсламалда, хъизамалъул жавабчилъи хӏисабалда, бихьинчиясда тӏадкъан буго бетӏерлъи. Щаклъи гьечӏо, гьеб тӏадкъай буго Тӏадегӏанав Аллагьасул амруялда рекъон гьабураб.\nИсламалда ихтияр бащалъи хӏалтӏизабула ихтияр бащалъи хӏажатаб бакӏалда. Бихьиназе кьун руго гьезда данде, ай гьезие хасияталлъун кколел ихтиярал, руччабазе – гьезул хасияталде данде кколел.\nБихьинчи бихьинчилъун вугони, чӏужугӏаданги чӏужугӏаданлъун йикӏунаян абула магӏарулаз. Цо-цо бихьиназда батун буго бигьаяб къагӏида, лъудбузде хъизамалъул жавабчилъиги рехун, дагьа-дагьаб жоги гьабун, рега-рахъун кепалда гӏумру тӏами. Гьединаб куцалда гӏумру тӏамиялъул хӏасил букӏуна пашманаб: хъизам мискинлъула, лъималазул гӏадлу хола ва ахир-къадги гьел ратӏалъула.\nНури Нуриев"}
{"slug": "20059-dag-istanaldasa-ramazan-g-azimukhlamadov-rossiyal-ul-rakhdal-matslazul-uchitelzabazul-bishchun-l-iklazul-tsoyav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20059-dag-istanaldasa-ramazan-g-azimukhlamadov-rossiyal-ul-rakhdal-matslazul-uchitelzabazul-bishchun-l-iklazul-tsoyav", "title": "Дагъистаналдаса Рамазан Гъазимухӏамадов — Россиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул бищун лъикӏазул цояв", "date": "2022-09-18 19:58:41", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Гьал ахириял соназ «Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» абураб Тӏолгороссиялъул конкурсалдаса бергьенлъаби ва призалъулал бакӏалги росун тӏадруссунел Дагъистаналдаса мугӏалимзаби. Гьезул цӏикӏкӏуниселги ккола авар мацӏалъул учительзаби.\nГъоркьиса гьеб конкурсалда кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Хунзахъ районалъул Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул авар мацӏалъул учитель Саида Хӏусенова.\nГьаб нухалда, регионалияб этапалда чӏелги босун, Дагъистаналдаса гьениве гӏахьаллъизе ана Гъуниб районалъул Гъоркьияб Кӏогьориб гьоркьохъеб школалъул магӏарул ва гӏурус мацӏазул учитель Рамазан Гъазимухӏамадов.\nИсана къец тӏобитӏиялъе квербакъи гьабуна РФялъул лъайкьеялъул министерствоялъ.\nКонкурс гӏуцӏун букӏана лъабго бутӏаялдасан. Тӏоцебесеб — заочными этапалда цӏар букӏана «Медиавизитика». Щивав гӏахьаллчияс лъабго минуталъулаб видео-роликалда бицине кколаан жиндирго хӏалбихьиялъул, хӏалтӏулъ кӏвар кьолел суалазул ва хӏалтӏизарулел хасал къагӏидабазул.\nКонкурсалъул финалияб бутӏа араб куцалъул ва жиндирго гӏахьаллъиялъул хӏакъалъулъ бицана Рамазаница нижее.\n«Пятигорск шагьаралда тӏобитӏулеб финалияб бутӏаялда гӏахьаллъана РФялъул батӏи-батӏиял субъектаздаса кинавниги 69 учитель.\nГьениб «Педагогикияб мастерская» абураб къецалъул бутӏаялда щивав мугӏалимас бицана лъикӏал хӏасилал кьеялъул мурадалда жидецаго хӏалтӏулъ хӏалтӏизарулел къагӏидабазул. Гьединго кьуна дарсги.\nХадусеб бутӏаялде ворчӏана 17 учитель. Гьениб нижеца бихьизабизе кколаан мастер-класс. Дица кьуна «Рахьдал мацӏ-миллаталъул ракӏ» абураб мастер-класс. Дица дарс кьуна анлъабилеб классалда. Гьел цӏалдохъабазе кӏудияб асар гьабуна Р. Хӏамзатовасул «Авар мацӏ» абураб кечӏалъ.\nАхирисеб, финалияб бутӏаялде ворчӏана анлъго учитель. Гьенибги нижеца бихьизабизе кколаан цоги мастер-класс. Дир мастер-классалда цӏар букӏана «Цӏалдохъабазул лъикӏал хӏасилазул балъголъаби». Гьениб бицана «Моделирование» абураб дица хӏалтӏизабулеб къагӏидаялъул.\nГьеб халатбахъараб къецалъул хӏасилалда дун мустахӏикълъана лъабабилеб бакӏалъе. Дун цӏакъ вохарав ва чӏухӏарав вуго Дагъистаналдаса вакил хӏисабалда гьенивги гӏахьаллъун, Россиялъул бищун лъикӏал рахьдал мацӏалъул учительзабазул мухъилъ дир цӏарги рехсеялъ. Дица гьаб бергьенлъиги сайгъат гьабула киналго дир ракьцоязе. Рикӏкӏада ругониги, гьезул божилъиялъги, берцинаб рагӏудалъун гьабураб кверчӏваялъ дие кӏудияб къуват кьолеб букӏана гьениб», — ян бицана Р. Гъазимухӏамадовас.\nГьалеха, исанаги, гӏемерал соназ цоцахъе кьун бачӏинеб бугеб бергьенлъиялъул тӏил, Рамазаницаги гӏодоб лъезе течӏого, нахъойги борхана.\nРакӏ-ракӏалъ баркула Рамазанида гьеб кӏудияб бергьенлъи! Гьарула хадубккунги, чӏахӏи-чӏахӏиял борхалъабазде роржен гьабизе къуватги, икъбалги, чорхое щулияб сахлъиги!\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "20142-kh-akhial-shalazul-parad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20142-kh-akhial-shalazul-parad", "title": "«Хъахӏал шалазул» парад", "date": "2022-09-22 20:52:27", "categories": ["obshestvo"], "text": "24 сентябралъ Махӏачхъалаялъул кӏудияб майданалда «Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул цолъиялъ» ва Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ тӏобитӏизе буго «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб, Фазу Гӏалиевалъул 90 сон тӏубаялда хурхун гьабулеб, берцинаб тадбир.\nМВД-ялъул минаялда аскӏосан, хъахӏал шалал ва гормендаби чӏварал руччаби, ясал, кодор гӏертӏалгун, тӏугьдулгун рилълъине руго, майдан къотӏун, Фазу Гӏалиевалъул памятникалъухъе. Гьениб цӏализе буго гьелъул «Эбелалъул хъахӏаб шал» поэма ва цогидалги асарал.\nТадбир байбихьизе буго сагӏат лъабгоялда. Чара гьечӏеб шартӏ — хъахӏаб шал яги гормендо. Гӏахьаллъи гьабизе бегьула бокьанщиназ.\nГьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана тадбиралъул гӏуцӏарухъабазул цояй, «Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъул» нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ.\n— Фазул «Эбелалъул хъахӏаб шал» поэма цӏаларабго, хъахӏал шалалги чӏван Фазул памятникалда цебе цӏализе лъикӏан гьабилан ккана ракӏалде. Майдан къотӏун доре унел чӏана цере. Ичӏго-анцӏго чи гьенисан унилан, рихьизего рихьиларин, 500 хъахӏаб гормендо унеб бугони Фазухъе, кигӏан берцингодай букӏинаян ккана. Гьевгощинав чи Фазухъеги рилълъун цо поэмаги цӏалунищха рукӏинел? Киналго миллатазул мугӏалимзабиги лъималги журана гъорлъе кучӏдул цӏализе.\nЙилълъана шагьаралъул Администрациялъулгун дандбазе. Цӏакъ рохана, цадахъ тӏобитӏилилан къотӏи-къай гьабуна. Амма рес гьанже гурони ккечӏо.\nТадбиралъул мурадги буго Фазу Гӏалиевалъул асаразул берцинлъиги, гъварилъиги, борхалъиги, цо асарги кьочӏое босун, кӏванагӏан гӏемерал ясазда рагӏизабизе, бичӏчӏизабизе ва гьеб берцин бихьизабизе. Фазу Гӏалиевалъ ясазелъидал бищун гӏемераб гӏакълу, малъа-хъваял нахъе тун ругел. Гьадинаб ракӏалдаса унареб тадбирги гьабун, Фазул асарал гӏадамазухъе щвей, гьеб цӏализе гъира борчӏизаби, цӏаларалда нахърилълъине кантӏи — гьеле аслияб мурад, — ин бицана Баху Мухӏидиновалъ.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "20143-rossiyal-ul-prezidentasul-khitiab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20143-rossiyal-ul-prezidentasul-khitiab", "title": "Россиялъул Президентасул хитӏаб", "date": "2022-09-23 06:28:25", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "21 сентябралда Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна гражданазул цо бутӏа рагъулаб хъулухъалде ахӏизе бугин абун. Мобилизация байбихьизе буго рехсараб лъазаби къватӏибе кьураб къоялдаса, ай 21 сентябралдаса нахъе.\nУкраинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда (СВО) гӏахьаллъизе кинавниги ахӏизе вуго 300 азарго чи. Гьезда гьоркьоре, тӏоцебесеб иргаялда, уна рагъулал операциязда гӏахьаллъиялъул рахъалъ хӏалбихьи бугел ва гьабсагӏаталда запасалда ругел аскариялги армиялъе хӏажатаб махщел бугел гӏадамалги. Чан моцӏалъ яги къоялъ гьез хъулухъ гьабизе кколебали бицунеб гьечӏо.\nРФялъул обронаялъул министр Сергей Шойгуца абуна, СВО унеб бакӏалде солдатал-срочникал рачине гьечӏилан. Гьелде тӏадеги, мобилизациялда гьоркьоре ккезе гьечӏо оборонаялъул предприятиязул хӏалтухъабиги.\nПутиница абухъе, мобилизациялда рекъон армиялде ахӏарал аскариязе кьезе буго контрактниказего гӏадаб харж. Военкоматалъ ахӏун хадуб армиялда хъулухъ гьабизе инкар гьабурав чиясе тамихӏ гьабизе буго – лъабгогӏан соналъ туснахъ гьавизе вуго.\nДагъистаналъул рахъалдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Сайгидпаша Гӏумахановас абуна, жив хӏадур вугила, Украинаялда хасаб операция тӏобитӏулаго, Россиялъ жинда церелъурал масъалаби тӏуразариялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе. «Запасалда вугев полковник ва Дагъистаналъул халкъазул ополчениялъул къокъабазул нухмалъулев хӏисабалда, Бетӏерав командующий Владимир Путинил приказалда рекъон, дун хӏадур вуго бокьараб заманалда дир тӏолабго лъайги, къуватги ва ресги кьун, ДНРалъулги ЛНРалъулги ва дунялалъул бокьараб бакӏалда гӏумру гьабулел нилъерго улкаялъул халкъазе хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул мурадалда лъурал масъалаби тӏуразаризе», — ян абуна гьес.\nДагъистаналъул рахъалдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат, генерал-майор Гӏабдулхӏаким Хӏажиевасги лъазабуна Украинаялда тӏоритӏулел рагъулал ишазулъ гӏахьаллъизе жив хӏадур вугин абун. Цӏиял харбазул Федералияб Агентствоялъе кьураб жавабалда гьадин абулеб буго депутатас: «Генерал ва рагъулав офицер хӏисабалда, дица, кинабгӏаги щаклъи гьечӏого, рахъккола Тӏадегӏанав Бетӏерав командующий Владимир Путинил ва хӏадур вуго бокьараб заманалда, приказалда рекъон, депутатасул тахбакӏги тун, рагъухъанасул форма тӏад ретӏине», — ян.\nГьес тӏадеги абуна, хасаб рагъулаб операция тӏобитӏиялъул рахъалъ Россиялъул президентасул тӏубанго рахъкколин абун. «Ракӏчӏун абила: гьеб буго, бакътӏерхьул улкабазул нухмалъулел ракълилаб къотӏи гьабизе рачӏунгутӏиялъ Москваялъ чарагьечӏого тӏамизе ккараб гали», — ян пикру загьир гьабуна генералас."}
{"slug": "20145-tsiaralgun-shapak-atal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20145-tsiaralgun-shapak-atal", "title": "Цӏаралгун шапакъатал", "date": "2022-09-23 07:07:30", "categories": ["barkiyal"], "text": "Гьанжегӏагар ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас гъулбасана машгьурал цо-цо дагъистаниязе тӏадегӏанал цӏаралгун орден-медалал кьезе хӏукму гьабураб документалда.\nМасала, «За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орден кьуна ДРялъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъе. «Дагъистаналъул халкъияй артистка» абураб хӏурматияб цӏар щвана Авар театралъул артистка Патӏимат Хӏажиевалъе. Гӏахьвахъ районалъул культурияб рукъалъул нухмалъулев Денга Махиев мустахӏикълъана «За доблестный труд» абураб медалалъе.\n«Хӏакъикъат» газеталъ ракӏ-ракӏалъ баркула гьездаги цогидаздаги тӏадегӏанал цӏаралгун шапакъатал. Гьарула хадурккун жеги тӏадегӏанал бергьенлъаби."}
{"slug": "20146-tiade-shcholeb-khaselgi-gabun-bakh-inchieb-nukhgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20146-tiade-shcholeb-khaselgi-gabun-bakh-inchieb-nukhgi", "title": "Тӏаде щолеб хаселги гьабун бахъинчӏеб нухги", "date": "2022-09-23 07:16:49", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Рорчӏами, «Хӏакъикъаталъулал», цо гӏарз буго дир, лъихъе иневали лъаларого лъагӏелалъ жаниб бихъарулеб», — ин, махсара хӏисабалда хабарги байбихьун, кӏалъана нижехъе цо магӏарулав. — Хӏалтӏул къваригӏелалъ магӏарухъе-нахъе гӏемер щолев чи вуго дун. Рохел букӏуна къойидаса къойиде лъикӏлъулел нухал рихьидал, кӏудияб бигьалъи лъугьунеб буго халкъалъе. Масъалаялъул бицани, Гьолокь росулъе щолаго гӏурумухъда бугеб районазда гьоркьосеб шагьранухлул бутӏа тӏун аралдаса гӏезегӏанго заман ана. Гьеб бакӏ къачӏаялъе гьабулеб хӏалтӏигойищ гьечӏеб, лъил жавабчилъиялде гьеб кколеб? Щай нужеца гьеб суал борхулареб?»\nУзухъда, цохӏо чияс кьураб суал гуро нижее гьеб. Бицен гьабулеб ччукӏараб нухлул бутӏа чанцӏул дидагоги бихьана, лъагӏалица гьедин теялда гӏажаиблъиги гӏолеб букӏана. Магӏарул ункъо мухъалде, ай Шамил, Лъаратӏа, Цӏунтӏа районазе ва Бежтӏа участкаялде автомашинаби хьвадулеб нух буго гьеб. Шагьаралдаса росабалъе кирпичгицин баччулеб гьаб заманаялъ, кигӏан хӏинкъиха бугеб гьениса хьвадулел бакӏал машинабазе. Хӏакъикъаталдаги, нухлул бутӏа тӏун араб рахъ буго къварилъун, жеги хӏинкъараб хӏалалъ рагӏаллъабиги кьватӏ-кьватӏун. Гьеб масъалаялъул цӏех-рех гьабизе нижеца байбихьана Гьолокь росдал бегавул Мухӏамад Гӏалиевасдасан.\n— Нижерги гӏезегӏан рахӏатхвараб масъала буго гьеб, бугониги росдаца яги районалъ гьабулеб иш гьеб гуро. Кӏудияб хӏалтӏи гьабизе кколеб бакӏ буго. «Дагъавтодоралъул» специалистал рачӏана гьанире чанцӏулго. Амма гьезул сметаялда рекъон данде кколарого бугеб къагӏидаха хӏалтӏи байбихьизе. Гӏадамазул минаби ругелъул ччукӏараб нухлул ракьанда. Гьел минаби рарал ракьалги руго 90-абилел соназдаго гӏадамазе кьурал, церего хӏалтӏизарулел. Гьелда бан смета чанцӏулго хисизабизе кколеб бугинги абулеб буго нухазул идараялъул махщелчагӏаз. Нилъер заманаялъ тӏубазабун бажарулареб масъала букӏинаро, амма гьабсагӏат байбихьараб хӏалтӏи гьечӏо, — ян баян кьуна гьакьадерил бегавулас.\nТӏаде щолеб хасалихълъиги бугелъул, гӏемерав чияс рахӏатхвейги гӏажаиблъиги загьир гьабулеб буго нух ччукӏараб бакӏалъул бицун. Мухӏканлъи лъазабизелъун нижеца бухьен гьабуна ГКУ «Дагестанавтодор» идараялъулгун. Гьезул пресс-хъулухъалъ кьураб баяналда рекъон, гьал гӏагарал къояз байбихьизе рагӏула Гьолокь ччукӏараб нух къачӏазе. Гьеб нахъбахъун хутӏиялъе гӏиллалъунги гьез рехсолеб буго хӏалтӏи гьабизе гӏезегӏанго захӏматаб бутӏа гьеб букӏин. Къадал ранги, бетон тӏунги къачӏазе кколеб бакӏалъул манзил гӏезегӏан кӏудияб бугила, ччукӏараб бакӏалъул борхалъи рагӏула лъеберго метралдасаги араб, халалъи — нусго метралдаса цӏикӏкӏун.\nХӏалкӏвараб кумек гьениб Шамил районалъул нухмалъулезги гьабулеб бугин бицана «Дагестанавтодор» идараялъул пресс-хъулухъалъ.\nЛъицаго бицинчӏониги лъалеб жо буго, гьединаб бакӏалда масъала тӏубазабизе ккани, квалквалалъе тӏоцебе ракьазул суал букӏунеблъи. Ах-хуралда, мина-къаялда хъвазе гӏадамазе бокьуларо, киналго разияб хӏукму, хӏасил гьабизеги бигьалъуларо.\nАваргӏор гуребги, хьолбохъан чваххулеб Тобтил лъимги кваналеб, кьучӏда къед гуреб, кьуру гьечӏеб, салулгун гӏурул ханазул, гъенон унеб ракьалъул бакӏ буго гьеб. Гьедигӏан чамгӏалаб рагӏаллъуда шагьранух гьабиги, щиб кканиги гьеб гӏатӏид гьабизе ресго гьечӏеб хӏалалда минаби разе тейги гьечӏищха метериселъул кӏваргьечӏолъи.\nРехсараб нухлул бутӏаялда гьабулеб хӏалтӏуда хадуб нижерги халкквей букӏине буго, цӏалдолезеги бицина."}
{"slug": "20148-dur-kiodol-iyal-giadin-kiodo-gabichio-dir-khalk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20148-dur-kiodol-iyal-giadin-kiodo-gabichio-dir-khalk", "title": "Дур кӏодолъиялъ гӏадин, кӏодо гьабичӏо дир халкъ", "date": "2022-09-23 08:01:35", "categories": ["rel"], "text": "Мун довайищ вугев, магӏарул имам,\nИнсул тӏалъиялъул тӏабгӏалъул бутӏа?\nТӏаде вахъун Шамил вачӏуна дихъе,\nДун дова гьечӏилан, дун гьанив вугин.\nДора ракьулъ ругин янгъизал рукьби,\nРокьи, хӏасрат танин Дагъистаналда.\nДоба къеркьеялъул къанщарал берал,\nКъо гьалдараб гъугъай ичкери рохьахъ.\n17 сентябралда имам Шамил гьавуралдаса 225 сон баялъул хӏурматалда Авар театралда тӏобитӏана адабияталъулгун маданияталъул тадбир. Шагьараздасаги районаздасаги гьенибе гьеб сордоялъ гӏемераб гӏалам бакӏарун букӏана. Гӏодор чӏезе бакӏ щвечӏого, рахъун чӏаралгицин рукӏана. Рохизе ккараб хӏужа букӏана гьенир гӏолилал гӏемер рукӏинги.\nТеатралде жанире лъугьиндал, жанахӏалъур гӏуцӏун рукӏана батӏи-батӏиял районаздаса вакилзабаз хӏадурарал миллияб кванил церелъеял.\nТадбир гӏуцӏиялъе квербакъи гьабуна «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъ ва Авар театралъул хӏалтӏухъабаз.\nПардавги рагьун, тадбиралде байбихьараб лахӏзаталдаса нахъе, доб заманалде сапар гьабураб ва жакъа нилъехъе Шамил тӏадвуссараб гӏадаб асар букӏана залалда.\nДун Ахӏулгохӏалъул ахаде щвана,\nАмма къуват гӏечӏо тӏаде вахине,\nТӏаде кин вахинев хвалчабаз, хунжруз\nРусс-руссун ратидал гьелъул сухъмахъал…\nТадбир берцинго нухда бачана Генуса авар мацӏалъул мугӏалим Асият Гӏабдулаевалъ ва исламиял дандеруссинал нухда рачунев Махӏмуд Мухӏамадовас.\nУнсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас бицана исана Дагъистаналдаги Россиялъул цо-цо шагьараздаги Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе ругин.\nШамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас абуна жакъа Шамил кӏодо гьавун тадбирал тӏоритӏиялъе нилъер гӏезегӏан ресалгун сурсатал ругониги, букӏине кколеб даражаялда гьеб хӏалтӏи жеги гьабулеб гьечӏин.\n«Дун гӏемер щола батӏи-батӏиял районазде, шагьаразде. Школлъималгун дандчӏвайдал, имам Шамил щив кколевали лъаларелги ратула. Гьеб чӏахӏиязул гъалатӏ буго. Тӏубанго кӏвечӏониги, цо гьитӏинаб къадаралъгӏаги, имамасул нухдасан нилъго ине хӏаракат бахъизеги гӏун бачӏунеб гӏел куцазеги ккола. Гьесул нух — гьеле наслабазе кьезе кколеб тарбиялъул мисал», — ан абуна Гӏ. Хархачаевас.\nДРялъул бетӏерасул жамгӏияв кумекчи, Гӏашилтӏаса Ахӏмад Гӏабдуразакъовас абуна жидер росулъ гӏун бачӏунеб гӏел умумузул нухдасан ине, магӏарул рукӏа-рахъиналда рекъон хьвадиялде жакъаги кӏвар кьолин.\n«Цониги рукъ батиларо Гӏашилтӏа Шамилил сурат къеда бачӏеб. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе бицуна гьесул ва гьес нахъа тараб нухлул хӏакъалъулъ. Школалдаги кӏвар кьола рухӏиябгун патриотикияб тарбия кьеялде.\nДоб рагъ боркьараб заманалда, гӏешдерил руччабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъулги къохӏехьеялъулги хӏакъалъулъ гӏемерал биценал руго. Шамилицаги ахиралда абун буго, гӏешдерил руччаби хьолбохъ рукӏаралани, жакъа гьаб бакӏалде ккезе букӏинчӏин гьаб ишилан.\nИмамасул хьибил ккун рагъарал гьел бахӏарзазул баракаталъ ккун бугин абизе кӏола нижер росу», — ян бицана гьес.\nШамилиде гьарурал жидерго асарал цӏалана Гӏиса Шарапудиновас, Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Мухӏидиновас.\nГӏуцӏарухъабаз хӏадурун букӏана цӏакъ берцинаб, магӏнаяб литературиябгун музыкалияб композицияги.\nБайбихьи лъуна «Чӏарадисезул хоралъ» ахӏараб «Наибзаби, муридзаби» абураб машгьураб кечӏалъ.\nЦебеккунго бицун букӏана гьеб сордоялъ, хас гьабун гьеб тадбиралъе хӏадур гьабураб «Шамилилги Шугӏайнатилги къиса» абураб гьитӏинабго спектакльги бихьизабизе бугин. Махӏмуд Мухӏамадовас хъвараб сценариялда рекъон лъураб постановкаялда ролал хӏана Авар театралъул актераз. Гьениб бицен гьабулеб букӏана Шамилилги Моздокалдаса Анналги лъай-хъвай ккеялъул ва гьезул хадусеб гӏумруялъул. Цӏакъ рекӏее асар гьабулеб, бадиб магӏу ххулизабулеб церерахъин букӏана гьеб.\nШамил имамасдеги гьесул наибзабаздеги гьарурал магӏарулазул машгьурал шагӏирзабазул кучӏдул цӏалана Мухӏамад Дудуевас ва Рамазан Халидовас. Жинцаго Шамилиде гьабураб кечӏ цӏалана Чӏарада районалдаса Тӏагьират Жаватхановалъ.\nАвар театралъул артистка Разият Дибировалъ, кочӏохъаби Мадина Гӏабдулаевалъ, Ахӏмад Кусалаевас ахӏана назмаби, гьединго нашидал ахӏизе рачӏун рукӏана Хӏалимат Мухӏамадова, Патӏимат Асилдарова ва «Чӏикӏаб» къокъа.\nШколлъималазги гьабуна тадбиралда жигараб гӏахьаллъи. Балагьаразе асар гьабиледухъ назмабигун кучӏдул цӏалана Гъизилюрт шагьаралъул №1 гимназиялъул цӏалдохъан Мухӏамад Исмагӏиловас, Махӏачхъалаялъул №8 лицеялдаса Хӏамзат Шагӏбановас ва Гӏашилтӏа росдал школалъул цӏалдохъабаз.\nТадбиралъул ахиралда кӏалъазе вахъарав «Ахӏулгохӏ» гӏуцӏиялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаркатчи Гъайирбек Гӏабдулаевас, тадбиралда гӏахьаллъи гьабизе рачӏаразе баркалаги загьир гьабун, абуна жидер гӏуцӏиялъ, халкъалъул кумекалдалъун, жеги чанго гьадинаб тадбир тӏобитӏизе бугин.\nГьениб гьесие кьуна тӏадегӏанаб шапакъат — Шамилил цӏаралда бугеб орденги.\nГьеб берцинаб дандеруссиналъе ахир лъуна киназго цадахъ ахӏараб «Ассубхӏубада» мавлидалъ.\nМухӏамад Манапов\nДур кӏодолъиялъ гӏадин,\nкӏодо гьабичӏо дир халкъ\nМун довайищ вугев, магӏарул имам,\nИнсул тӏалъиялъул тӏабгӏалъул бутӏа?\nТӏаде вахъун Шамил вачӏуна дихъе,\nДун дова гьечӏилан, дун гьанив вугин.\nДора ракьулъ ругин янгъизал рукьби,\nРокьи, хӏасрат танин Дагъистаналда.\nДоба къеркьеялъул къанщарал берал,\nКъо гьалдараб гъугъай ичкери рохьахъ.\n17 сентябралда имам Шамил гьавуралдаса 225 сон баялъул хӏурматалда Авар театралда тӏобитӏана адабияталъулгун маданияталъул тадбир. Шагьараздасаги районаздасаги гьенибе гьеб сордоялъ гӏемераб гӏалам бакӏарун букӏана. Гӏодор чӏезе бакӏ щвечӏого, рахъун чӏаралгицин рукӏана. Рохизе ккараб хӏужа букӏана гьенир гӏолилал гӏемер рукӏинги.\nТеатралде жанире лъугьиндал, жанахӏалъур гӏуцӏун рукӏана батӏи-батӏиял районаздаса вакилзабаз хӏадурарал миллияб кванил церелъеял.\nТадбир гӏуцӏиялъе квербакъи гьабуна «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъ ва Авар театралъул хӏалтӏухъабаз.\nПардавги рагьун, тадбиралде байбихьараб лахӏзаталдаса нахъе, доб заманалде сапар гьабураб ва жакъа нилъехъе Шамил тӏадвуссараб гӏадаб асар букӏана залалда.\nДун Ахӏулгохӏалъул ахаде щвана,\nАмма къуват гӏечӏо тӏаде вахине,\nТӏаде кин вахинев хвалчабаз, хунжруз\nРусс-руссун ратидал гьелъул сухъмахъал…\nТадбир берцинго нухда бачана Генуса авар мацӏалъул мугӏалим Асият Гӏабдулаевалъ ва исламиял дандеруссинал нухда рачунев Махӏмуд Мухӏамадовас.\nУнсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас бицана исана Дагъистаналдаги Россиялъул цо-цо шагьараздаги Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе ругин.\nШамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас абуна жакъа Шамил кӏодо гьавун тадбирал тӏоритӏиялъе нилъер гӏезегӏан ресалгун сурсатал ругониги, букӏине кколеб даражаялда гьеб хӏалтӏи жеги гьабулеб гьечӏин.\n«Дун гӏемер щола батӏи-батӏиял районазде, шагьаразде. Школлъималгун дандчӏвайдал, имам Шамил щив кколевали лъаларелги ратула. Гьеб чӏахӏиязул гъалатӏ буго. Тӏубанго кӏвечӏониги, цо гьитӏинаб къадаралъгӏаги, имамасул нухдасан нилъго ине хӏаракат бахъизеги гӏун бачӏунеб гӏел куцазеги ккола. Гьесул нух — гьеле наслабазе кьезе кколеб тарбиялъул мисал», — ан абуна Гӏ. Хархачаевас.\nДРялъул бетӏерасул жамгӏияв кумекчи, Гӏашилтӏаса Ахӏмад Гӏабдуразакъовас абуна жидер росулъ гӏун бачӏунеб гӏел умумузул нухдасан ине, магӏарул рукӏа-рахъиналда рекъон хьвадиялде жакъаги кӏвар кьолин.\n«Цониги рукъ батиларо Гӏашилтӏа Шамилил сурат къеда бачӏеб. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе бицуна гьесул ва гьес нахъа тараб нухлул хӏакъалъулъ. Школалдаги кӏвар кьола рухӏиябгун патриотикияб тарбия кьеялде.\nДоб рагъ боркьараб заманалда, гӏешдерил руччабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъулги къохӏехьеялъулги хӏакъалъулъ гӏемерал биценал руго. Шамилицаги ахиралда абун буго, гӏешдерил руччаби хьолбохъ рукӏаралани, жакъа гьаб бакӏалде ккезе букӏинчӏин гьаб ишилан.\nИмамасул хьибил ккун рагъарал гьел бахӏарзазул баракаталъ ккун бугин абизе кӏола нижер росу», — ян бицана гьес.\nШамилиде гьарурал жидерго асарал цӏалана Гӏиса Шарапудиновас, Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Мухӏидиновас.\nГӏуцӏарухъабаз хӏадурун букӏана цӏакъ берцинаб, магӏнаяб литературиябгун музыкалияб композицияги.\nБайбихьи лъуна «Чӏарадисезул хоралъ» ахӏараб «Наибзаби, муридзаби» абураб машгьураб кечӏалъ.\nЦебеккунго бицун букӏана гьеб сордоялъ, хас гьабун гьеб тадбиралъе хӏадур гьабураб «Шамилилги Шугӏайнатилги къиса» абураб гьитӏинабго спектакльги бихьизабизе бугин. Махӏмуд Мухӏамадовас хъвараб сценариялда рекъон лъураб постановкаялда ролал хӏана Авар театралъул актераз. Гьениб бицен гьабулеб букӏана Шамилилги Моздокалдаса Анналги лъай-хъвай ккеялъул ва гьезул хадусеб гӏумруялъул. Цӏакъ рекӏее асар гьабулеб, бадиб магӏу ххулизабулеб церерахъин букӏана гьеб.\nШамил имамасдеги гьесул наибзабаздеги гьарурал магӏарулазул машгьурал шагӏирзабазул кучӏдул цӏалана Мухӏамад Дудуевас ва Рамазан Халидовас. Жинцаго Шамилиде гьабураб кечӏ цӏалана Чӏарада районалдаса Тӏагьират Жаватхановалъ.\nАвар театралъул артистка Разият Дибировалъ, кочӏохъаби Мадина Гӏабдулаевалъ, Ахӏмад Кусалаевас ахӏана назмаби, гьединго нашидал ахӏизе рачӏун рукӏана Хӏалимат Мухӏамадова, Патӏимат Асилдарова ва «Чӏикӏаб» къокъа.\nШколлъималазги гьабуна тадбиралда жигараб гӏахьаллъи. Балагьаразе асар гьабиледухъ назмабигун кучӏдул цӏалана Гъизилюрт шагьаралъул №1 гимназиялъул цӏалдохъан Мухӏамад Исмагӏиловас, Махӏачхъалаялъул №8 лицеялдаса Хӏамзат Шагӏбановас ва Гӏашилтӏа росдал школалъул цӏалдохъабаз.\nТадбиралъул ахиралда кӏалъазе вахъарав «Ахӏулгохӏ» гӏуцӏиялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаркатчи Гъайирбек Гӏабдулаевас, тадбиралда гӏахьаллъи гьабизе рачӏаразе баркалаги загьир гьабун, абуна жидер гӏуцӏиялъ, халкъалъул кумекалдалъун, жеги чанго гьадинаб тадбир тӏобитӏизе бугин.\nГьениб гьесие кьуна тӏадегӏанаб шапакъат — Шамилил цӏаралда бугеб орденги.\nГьеб берцинаб дандеруссиналъе ахир лъуна киназго цадахъ ахӏараб «Ассубхӏубада» мавлидалъ.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "20151-sirati-bakhinadaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20151-sirati-bakhinadaj", "title": "Сиратӏ бахинадай?", "date": "2022-09-23 08:07:06", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Федералияб бюджеталдаса миллиардал риччалел руго улкаялъул регионазул нухал лъикӏлъизариялъе. Рикӏкӏад бугелъул бицинчӏого, щибаб районалда халгьабуни, «Безопасные качественные дороги» абулеб миллияб проекталда рекъон, гӏемераб хӏалтӏи гьабун рагӏалде бахъана Дагъистаналда, жеги гьабулебги буго. Туристал рачӏунел рукӏиналъ гьарулел ругин гьел нухалин абулел, тӏадагьабго пикруялъул харбихъабиги дандчӏвала. Захӏмалъаби кӏочон, лъикӏлъиялде хехго ругьунлъулев куц инсан.\nГӏемер ракӏалде щола магӏарухъе-нахъе микьго сагӏаталъ рекӏине кколеб букӏараб басриябго тӏогьилаб автобусги, хӏурул цӏурал, кӏичӏ-кӏичӏарал нухалги, хӏинкъарал свералабиги.\nЧӏахӏияз абулеб батана мажгиталъул гӏарац нухлуе биччазе бегьулин, нухлул гӏарац мажгиталъецин хӏалтӏизабизе бегьуларин. Гьедин хираго, кӏудияб хӏурматалда рукӏана нухал рахъиялъул хӏалтӏи гьабулел гӏадамал магӏарухъ.\nНилъергӏан сахаватал гӏадамалго ругодаян хинлъула ракӏ, жамагӏатал цолъун гьарулел хӏалтӏаби рихьидал. Росабазул, шагьаразул гьумер берцинлъулел мажгиталги рана нилъер халкъалъ, жидерго азбаразул, ригьзабазул къадал риххунгицин росабалъ къватӏалги гӏатӏид гьаруна, риидалил мучӏдузде, рохьахъе, кулабахъе нухалги рахъана.\nГьацӏулъ хӏеги, хӏанилъ расги камуларин абухъе, хӏукуматалъул гӏарцухъ гьарулел хӏалтӏабазул хашлъи хехго загьирлъула. «Контроль за исполнением» абулеб бутӏа гьезегодай гьечӏебилан ккола цо-цо мехалда. Яги гъоб «квералъ квер чурулеб» къагӏида жеги билълъанхъулеб батилаха. Кинаб намусалъул гӏадамаз гьеб хӏалтӏизабулеб бугеб хӏукуматалъ халкъалъул яшав берцинлъиялъе, гӏумру лъикӏлъиялъе биччараб гӏарац? Гьаб суал бижула цӏигьарурал нухазда бугеб ахӏвал-хӏал бихьидал. Гӏаммал жал рицунел ругин, мисал рехсеян абулелги камиларо. Мисалал камиларо, тӏад хъилил гъалайги биччан гӏезегӏан бакӏал руго чӏахӏиял машинабазул бакӏлъи хӏехьолареб хӏалалда.\nМисалалъе, къого цӏараки гьечӏеб росулъе, гӏемерал миллионалги тӏад харж гьарун, бахъун буго нух. Цебеккун эркенго машина хьвадулеб хӏалалъ росдал гӏадамаз нух гьабураб бакӏги букӏана гьеб. Кьвагьизе ккараб кьуру гуро, тӏураб хъил гуро, букӏарабго нух, ракьандаса рагӏалде ракьги хъван гӏатӏид гьабуна. Гьеб гьогьаб рагӏаллъуда лъурал бетоналъул блокал, бакӏ-бакӏаздаса хъущтӏун, кьурса реххе ана мех балелде. Гьединго бигьаго ракьхъван гӏатӏид гьабун, хъил тӏун буго цоги участкаялде, цо рии сверилалде гьениб бугеб ахӏвал-хӏал бихьидал гӏодизе бачӏуна.\nНижерго росуахада бугеб, хъил тӏун гӏатӏид гьабулеб нухлул халгьабулей йикӏана исана риидал. Нухлул рагӏалда гӏачиязда ятана лъабкъойилъа арай гӏадан. «Гьале гьазул хӏалтӏи, шагьраккун ине хӏинкъи букӏуна цӏадал щуб бачӏаниги. Щущан унеб ракь бугеб бакӏ тӏаса бихъ-бихъун, гӏуруги хачан толеб мехалъ сунде ургъулел? Лъар щун, ччукӏун бачӏунеб бакӏалданиги къед базе ккеларищ? Тӏадехун бугеб росдал авалалде бахъараб нух буго тӏун унеб, гӏадамазул ригьзазе рагӏула къварилъи, дурго минаги гурищ бугеб кьватӏелал рехун? Лъебералда хадуб миллион гъурущ биччан рагӏула гьаб нух гьабизе, хӏукумат какизеги рахъуна нилъ. Хасалихълъи рещтӏинчӏого нухазул хӏалтӏи байбихьулареб гӏадатги буго гьазул. Нухлуе биччараб гӏарац лъагӏел лъугӏилалде гӏедегӏун хӏалтӏизабизе бахъулеб хӏаракат батилаха гьебин абула. Сиратӏгӏаги киндай бахина гьаз? Нухал гьарулезда хадуб халкколев чигодай вукӏунарев хӏукуматалъул? Гьадин хъвай дуца «Хӏакъикъаталда», Махӏачхъалаялда ругел хӏакимзабазги цӏалулеб батилагури гьеб…».\nГьале, хъвалеб буго, жеги мухӏангоги бицина цоги нухалъ, амма щибдайха хисила?"}
{"slug": "20155-virusal-ul-khasiyat-chango-batiiyab-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20155-virusal-ul-khasiyat-chango-batiiyab-bugo", "title": "Вирусалъул хасият чанго батӏияб буго", "date": "2022-09-23 09:22:37", "categories": ["vakcina"], "text": "Август моцӏалдаса нахъе коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб буго улкаялдаго. Цӏакъго захӏматаб хӏал гьечӏониги, щивас цӏодорлъи гьабизе ккелин лъазабулеб буго тохтурзабазги. Коронавирусалде данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул баяназда рекъон, Россиялда 21 сентябралда коронавирусалъ унтун ватана 53043 чи, больницаялдаса сахлъун рокъове виччана 60 азаргогӏанасев чи, вегизавуна 4321 чи, хвана 107 чи. Дагъистаналдайин абуни, 21 сентябралда унтана 65 чи, больницаялда вегизавуна 16 чи, хвана цо чи.\nCOVID-19 унтул заралалдаса цӏуниялъе щиб гьабизе кколебали ва унтул гӏаламатал хисулел рукӏиналъул хӏакъалъулъ бицана Махӏачхъалаялъул №1 поликлиникаялъул терапияб отделениялъул нухмалъулей Гъазимухӏамадова Мадинаца.\n— Гьаб моцӏалда коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб бугин бицунеб буго. Поликлиникаялда кинаб ахӏвал-хӏал бугеб?\n— Августалда байбихьана унтаразул къадар цӏикӏкӏине. Гӏемерисел, къватӏиса рачӏарал, ралъдахъе чвердезе хьвадулел рукӏарал унтун рукӏана. Ва байбихьуда гьезде энтеровирус бахун бугин кколебги букӏана. Гьал къояздайин абуни, унтаразул къадар дагьлъизе байбихьун буго. Нижер поликлиникаялде рачӏунел унтаразда гьоркьоб, къойил яги гьоркьоб къо бахъун лъабго-ункъо чиясда батула коронавирус. Амбулаторияб къагӏидаялъ, ай рокъовго вукӏун сах гьавулев вуго 45 чи. Гьезда гьоркьор лъималги руго. Сахлъиялъул хӏалги гьезул квешаб гьечӏо, цо чӏараб хӏалалда буго. ГКБялда вегун вуго ковид бугев 17 чи. Больницаялда 30 бакӏ буго коронавирусалъ унтарал регизаризе бихьизабун. Гьенир регизарула гӏицӏго поликлиникаялде хьвадулел гурелги, шагьаралдасаго унтарал. Нагагь шагьаралда бугеб цогӏаги больницаялда вегарав, рекӏел унти яги цогидалги гьединалго захӏматал унтаби ругев чиясде коронавирус бахун батани, гьев ГКБялде витӏула, щайгурелъул коронавирусалъ унтарал гьенир сах гьаруларо. Коронавирусалдаса сах гьабулеб кӏиго больница буго тахшагьаралда РЦИБ ва ГКБ.\nНагагь унтарасул коронавирус унти букӏин тӏатани, гьев РЦИБалда вегизавула. Гьеб унти букӏиналда щаклъиги ккун бугони, гьелдаго цадахъ цогидаб захӏматаб унтиги бугони (рекӏел, сосудазул, чакрил унти), нижер ГКБялда вегизавула. Гьанир руго коронавирусгун цадахъ цогидал захӏматал унтаби сах гьарулел специалистал. Багӏараб зонаялдаги цӏикӏкӏун хӏалтӏана гьел, хӏалбихьиги гьезул цӏикӏкӏараб буго.\n— Коронавирусалъул гӏаламатал хисун ругищ? Унтарасда кин лъазе кӏолеб коронавирус бахун букӏин?\n— Цебеялде дандеккун гьанже гьеб унти лъачӏого, киналгӏаги гӏаламаталги гьечӏого букӏунеб буго чорхолъ. Щибгӏаги унтичӏого букӏине бегьула, амма анализал кьун хал гьабуни, чорхолъ батизе бегьула коронавирус. Гьелъул гӏаламатал батӏи-батӏиял руго — шекъер унти, букари, черх загӏиплъи. Черхалда цо бакӏаб гьир баччараб кинигин букӏуна. Цӏа-канги цохӏо нухалъги бахун, хадуб загӏиплъи ва бакӏлъи букӏине бегьула чорхолъ. Экспресс-тесталъ коронавирус гьечӏин бихьизабулеб бугоницин, тохтурзабаз абизе бегьула тест мекъи бугин. Гьез мухӏканал баянал щвезелъун, анализал кьун хал гьабула. Ахирги, тохтурзабаз абухъе, ПЦР тесталъ ковид букӏинги бицуна. Тохтур ругьунлъун вуго байбихьудаго коронавирусалъул гӏаламатал ратӏа рахъизе.\nАхираб заманалда халатбахъун температура бахарав, коронавирусалъ унтарав чи къанагӏат гурони вихьичӏо дида. Рес буго цӏа-кан цохӏо нухалда 38,5 градусалде бахине, хадуб 37,5 градусалда хутӏизе. ОРВИ, ОРЗялъулго гӏадал гӏаламатал руго. Цо-цоязул берал унтула, цогидазул шекъер. Цо-цо мехалда энтеровирусалъул гӏадал гӏаламаталги рукӏуна.\n— Коронавирус букӏиналда щаклъи бугезулги гӏадатиял унтабазул гӏарзалъ рачӏаразулги цого кабинеталдайищ хал гьабулеб?\n— Цӏа-кан бахарав чи отделениялде вахине бегьуларо, гьесухъ балагьула тӏоцебесеб тӏалаялда бугеб хал гьабиялъул кабинеталда. Гьесул экспресс-тест босула ковид бугищали хал гьабизе. Унтарав кӏудияб ригьалъул вугони, рокъовго чӏун босула ПЦР мазокги бидул анализги. Анализазул хӏасилалда коронавирусалъ унтун вукӏин тӏатани, гьесие дандекколел дарабиги чӏорого кьола поликлиникаялдаса. Жинцаго рокъобго гьабилин даруян абун гъулбас гьабурав унтарав рокъовго тола. Гьанже гьел дараби гьечӏо, унтаразул къадарги цебе гӏадаб цӏикӏкӏараб гьечӏо. Хӏажалъани, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ кьола дараби. Унтарасе бокьичӏони, гьев больницаялда вегизавизе кӏоларо нижеда, амма лъикӏав тохтурас хӏаракат бахъула гьев больницаялда вегизе мукӏур гьавизе.\n— Пандемиялъул заманги жакъа къоги дандеккуни, щиб хисараб нужер хӏалтӏулъ? Унтаразул ахӏвал-хӏал бигьалъанищ?\n— 2020 соналде дандеккун гӏемераб жо хисана. Пандемиялъул заманалда гӏемерисел унтаразул психика хисана. Гьанже парахалъи буго. Цере гӏадин коронавирусалдаса гӏадамал холел гьечӏо. Инсанасул организмги вирусалде ругьунлъун буго, цебеялде дандеккун захӏматаб хӏал гьечӏо унтаразулги. Ахираб моцӏалда жаниб вирусалъул пневмониялъул дагьабго къадар бугев ункъояв вегизавуна больницаялда, гьезулги захӏматаб хӏал букӏинчӏо.\n— Пандемиялъул заманалда, хӏатта исана лъагӏалил байбихьудацин вирусалъул пневмониялъул дагьабго къадар бугезе дару рокъобго гьабулеб букӏана. Гьанже гьезде кӏвар цӏикӏкӏинабиялъе гӏилла щиб?\n— 2020 соналда унтаразул къадар цӏикӏкӏараб букӏана, гьединлъидал гӏицӏго захӏматго унтарал регизарулел рукӏана. Больницабазда бакӏ гӏолеб букӏинчӏо. Тохтурасул хал гьабиялда гъоркь стационараздаги рокъобги гьабулеб букӏана дару.\nИсана лъагӏалил байбихьудаги цӏакъ гӏемерал гӏадамал унтун рукӏана. Гӏемерисел регизеги гьарулел рукӏана. Больницаялда гьел регизариялъул рахъалъги кинабгӏаги захӏмалъиги букӏинчӏо.\nНижер поликлиникаялъул тохтурзабиги больницаялъул тохтурзабигун дандбан хӏалтӏулаан. Гьез нижее кумек гьабулаан. Лъачӏеб жо цоцазда цӏехолаан, гьединлъидал нижееги бигьаго букӏана унтаразе кумек гьабизе. Дарабаздалъунги хьезарун рукӏана. Нагагь нижер гьаниб дару лъугӏани, гьеб рахъалъги кумек гьабулаан больницаялъ. Цебе букӏараб ахӏвал-хӏалалде дандеккуни, гьабсагӏат гӏезегӏан лъикӏ буго.\n— Тохтурзабиги ругьунлъун ратила гьеб унтуде…\n— Унти бигьалъунин яги унтарал дагьлъунин абун, тохтурзаби гӏодоре риччан рукӏунаро. Ковидалъ хасият хисизе, унтарасул цогидал захӏматал унтабиги цадахъ рагъаризе бегьула.\n— Коронавирус бахинаредухъ ва гьелъул заралалдаса цӏуниялъе лъикӏаблъун щиб рикӏкӏунеб?\n— Сахлъиялде, спорталде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе ккела. Нерваби хвезарулел, ракӏ бакъвазабулел харбаздаса, рекӏее лъикӏаб гуреб асар гьабулел лъугьа-бахъиназдаса рикӏкӏад чӏезе ккела. Гьаб заманалда гьеб цӏакъ захӏматаб пишалъун букӏаниги. Квешал эмоцияз иммунитет загӏип гьабула. Загӏипаб иммунитет бугони, вирус бахине ресал цӏикӏкӏуна.\nЛъикӏаб, сахаб квен, физическияб культура – гьеле иммунитет щулалъиялъе бищунго лъикӏаб къагӏида. Гӏодоркъоязгӏаги яхӏ бахъизе ккола бацӏцӏадаб гьаваялда тира-сверизе. Гьанже нилъер сахлъиялъе бищунго хӏажатаб жо буго щулияб иммунитетги, рекӏее парахалъиги, рохелги. Вакцинацияги жиндир заманалда гьабизе ккела.\n— Вакцинация гьабизе рачӏунищ поликлиникаялде?\n— Прививкаби гьарулезул къадар гьаб заманалда дагьабго гӏодобе ккун буго. Хӏалтӏул къоязда, гьоркьохъеб хӏисабалда, цо къоялъ 80 чи вачӏуна. Цере гӏодоркъояздаги рачӏунаан прививкаби гьаризе.\nНижер гьаниб буго Гам-КОВИД-вак (Спутник V) вакцина. Гьеб киназдаго лъала лъикӏаб вакцина хӏисабалда.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "20156-ratial-ulel-giemerl-ulel-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20156-ratial-ulel-giemerl-ulel-rugo", "title": "Ратӏалъулел гӏемерлъулел руго", "date": "2022-09-23 09:28:43", "categories": ["obshestvo"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана 2021 соналда республикаялда 9133 хъизан биххун бугин. 2020 соналдайин абуни биххун букӏана 5302 хъизан. Гьеб лъикӏаб гуреб хӏужаялъул хӏисабги гьабизе кколин абуна гьес. Премьер-министрасул пикруялда рекъон, хъизамал риххи Дагъистаналъул халкъазе хасиятаб гуреб иш ккола. Цебе гьеб рикӏкӏунаан рогьолъунцин. Жакъа хъизамалъулаб институталдехун гӏолохъанаб гӏелалъул батӏияб бербалагьи лъугьун бугин абуна гьес.\nДагъстаталъул баяназда рекъон, 2022 соналъул анлъго моцӏида жаниб ратӏалъарал хъизамазул къадар 205 проценталъ цӏикӏкӏана, гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун.\nИсана бащдаб лъагӏалида жаниб 6664 хъизан биххун буго. Гӏуцӏун буго 4195 хъизан. Цӏигӏуцӏулел хъизамазул къадар 37 проценталъ дагьлъун буго гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун.\nГьел баяналги хӏисабалде росун, нижеца цӏех-рех гьабуна республикаялъул ЗАГСалъул управлениялда. Гьениб бицана гӏилла жидедаги лъаларин, амма тӏадаб хӏалтӏи гьабичӏого толарин.\nЗАГСалъул идараялдаги радалго чанго чи вугоан ратӏалъиялъе хӏажалъулел документал гьаризе иргаялда чӏун. Гьезда гьоркьоса кӏигояз бицана хъизангун ратӏалъиялъе гӏиллаги. Щивасулги бугоан жиндиего хасиятаб къварилъи, хӏехьезе кӏоларебин абулеб гӏилла.\nМухӏамад, 32 сон, лъабго лъимадул эмен: «Дун хъизангун ватӏалъиялъе гӏилла буго гьелъие бугебгӏан магӏишат гӏолеб гьечӏолъи, сундаго рекъонгутӏи. Гьелъул эбелги мех-мехалъ нижеда гьоркьое лъугьуна, гъалмагъир гьабула. Кин бицаниги, гӏемерисел ясал руго сабру гьечӏел, бугелда гӏей гьабуларел, цоцазулгун къец бан бечелъи бокьулел, жидее бокьухъе росал рукӏаян чӏолел. Гьезда лъалеб гьечӏо Аллагьасе щукру гьабизе. Дун хӏалтӏулев вукӏана мебель гьабулеб бакӏалда, гьениса бачӏараб харжги гӏолароан гьелъие. Лъималазе гӏоло анцӏго соналъ хӏехьана гьелъул гӏамал. Гьале тӏокӏалъ хӏехьезе кӏвечӏого цӏарги тӏамуна, ратӏалъиялъе документал хӏадурулев вуго».\nМадина, 30 сон, кӏиго лъимадул эбел: «Бащдаб лъагӏелалъ цере ратӏалъана ниж. Кигӏан захӏматго букӏаниги, дида ракӏалда букӏинчӏо ятӏалъизе. Микьго сон бана нижеца цадахъ. Цо къоялъ хӏалтӏун, анкьица гьекъолдулев, кеп кьабулев вукӏана гьев. Лъималазулги щибго ургъел букӏинчӏо. Дунин абуни кӏиго хӏалтӏиги тӏаде босун, цояб лъимер яслиялде, цогидаб школалде бачун екерахъдулей хутӏун йикӏана. Загӏиплъун руго гьанже бихьинал. Загӏипаллъунги гьел нилъеца, ай улбуз ва лъудбуз гьарулел руго, гьезда захӏмалъи бихьизе течӏого, гьез гьабизе кколеб хӏалтӏиги нилъедаго тӏаде босун».\nЗАГСалъул идараялда рукӏаралгун гара-чӏварулаго, аскӏое ячӏарай цо гӏурусалъ абуна, бегьулеб батани, жинцаги абилин цо чанго рагӏиян.\nМарина, 60 сон: «Нужер руччаби цӏакъ талихӏаллъун рикӏкӏуна дица. Нижер, гӏурусазул ясал, 16-18 сон барабго рокъоса уна. Жидецаго гьабизе ккола магӏишат, ралагьизе ккола росалги. Официалияб къагӏидаялъ росасе инегӏанги кӏиго-лъабго батӏияв бихьинчигун данделъула. Битӏккани ЗАГСалде уна, ккечӏони — мадарав чи данделъизегӏан хутӏула. Гӏемерисеб мехалда кодор лъималгун хутӏула гӏолохъанал ясал. Нужер ясалин абуни, рос валагьизе кирегӏаги рахъине кколаро. Хъизамалъул яги тухумалъул кӏудияз кинабго тӏубала, абурасул квешаб яги лъикӏаб рахъги цебеккунго лъазабула. Росасе унелъулги кинабго хӏажатабщинаб къайи босула гьезие эбел-инсуца. Гӏемерисел рачуна хӏадураб минаялъуре. Рокъорги рукӏун, росасе квен гьаби ва лъимал гьари гуреб руччабаздаса тӏалаб гьабулеб жоги букӏунаро. Нижер руччабиян абуни росасе ун хадур, гьевгун цадахъ хӏалтӏула, квартираги гӏемерисез ипотекаялъ босула. Нижер руччабазе бугеб захӏматалъухъ ралагьизе бегьилаан нужер гӏолохъанал ясал. Гьеб мехалъгӏаги жидерго къисматалдаса рохилаан гьел».\nЦӏикӏкӏарасеб къадаралда бусурбабаз гӏумру гьабулеб республика букӏинги хӏисабалде босун, официалияб къагӏидаялъ гурелги, цӏар тӏамиялдалъунги риххизе рес буго хъизамал. Гьелъул пикру гьабуни, официалияб статистикаялде тӏаде жеги цӏикӏкӏун ратизеги бегьула ратӏалъулел. Гьединго ЗАГС гьабичӏого, магьари лъун хъизамал гӏуцӏаразул къадарги цӏикӏкӏун батизе рес буго.\nРеспубликаялда хъизамал риххиялъул хӏужаби цӏикӏкӏиналда бан, Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталъул имам Мухӏамад-Тӏагьир Ахӏмадовас гьадин бицана:\n— Дида ракӏалде ккола, ратӏалъулел хъизамазул къадар цӏикӏкӏиналъе гӏилла бугин хъизамалъул институт загӏиплъи. Эбел-инсуца кколеб хӏалалда лъимал куцалел гьечӏо хъизамалъул къимат гьабизе. Кӏудияб гӏолеб лъимада къанагӏат гурони малъуларо хъизамалда гьоркьоб сабру гьабизе кколеблъи, кинаб бербалагьи букӏине кколеб рос-лъадуда гьоркьобали. Хъизамалъулъ дандчӏвазе рес бугел захӏмалъабазул бицунеб гьечӏо, ругьун гьарулел гьечӏо сабру гьабизе. Хъизамалда жаниб сабруги адабги жидецаго гьабулеб бугониги, лъимал куцалел гьечӏо гьелде. Щаклъи гьечӏо, жиндилъ хъизамалъул гӏадатиял масабазул магӏна хисизабурал, Бакътӏерхьул улкабазул маданият ва рукӏа-рахъиналъул къагӏидабазул пропагандаялъги гьанжесел гӏолилазул гӏакълуялъе асар гьабулеб букӏин.\n— Хъизамалда ругел захӏмалъабазул бицун ва цӏар тӏамиялъул хӏакъалъулъ суалалгун гӏемер рачӏунищ нужехъе? Бихьиналищ, руччабищ цӏикӏкӏун рачӏунел?\n— Хъизамазда гьоркьор захӏмалъаби кидаго рукӏана. Жакъа къоялдаги гӏадамал гӏемер рачӏуна имамзабазухъе кумек гьарун, гӏемерисеб мехалда хъизамалда гьоркьор бичӏчӏунгутӏиял, суалал ругони. Нижехъе вачӏарав щивасда гьезул ихтиярал ва цоцазда цебе бугеб жавабчилъи бичӏчӏизабулаго, нижеца тӏоцебесеб иргаялда хӏаракат бахъула хъизан цӏунизе ва рос-лъадуда гьоркьоб бухьен щулалъизабизе. Гӏемерисеб мехалда хъизамалъул захӏмалъабазул бицун руччаби рачӏуна, бихьиналги камуларо.\n— Ахираб заманалда, руччабаз цӏикӏкӏун кӏвар кьезе байбихьана лъай тӏалаб гьабиялде, жидерго ихтиярал лъазариялде. Гьеб рахъалъ нижее кумек гьабула муфтияталъул Лъай кьеялъул ва Фатвабазул отделаз. Гьелъухъ гьезие кӏудияб баркалаги буго. Гьанже руччабазда лъалел руго жидерго ихтиярал ва кинал ахӏвал-хӏалазулъ цӏар тӏамизе тӏалаб гьабизе бегьулебали. Ратӏалъулел хъизамазул къадар цӏикӏкӏиналъе гьелъги кинабгӏаги асар гьабулищ?\n— Ахираб заманалда хъизамалъул захӏмалъаби тӏуразе руччаби имамзабазухъе хьвадулел руго ва абизе бегьула гьедин рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунебги бугин. Исламалда рекъон, чӏужугӏаданалъул ихтияр буго магьари биххи тӏалаб гьабизе. Масала, росас хьихьулей гьечӏони, сахлъиялъе зарал гьабулеб бугони.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА\nХадурагӏи\nГӏадатиял гӏадамазда гьоркьоб цӏех-рех гьабидал, рос-лъади ратӏалъиялъе батӏи-батӏиял багьанаби рачунел руго. Гьезул цояб ккола 2021 соналъул апрель моцӏалда РФялда тӏубараб гуреб хъизамалдаса 8-16 сон барал лъималазе пособие кьезе байбихьи. Цо-цо хъизамаз ургъунго, гьеб пособие щвезе гӏололъун ЗАГС хвезабулеб бугин абурал харбалги раккун рукӏана гъоркьиса. Гьеб пикруги битӏараб батизе бегьула, амма мажгиталъул имамас бицунелъулги хӏисаб гьабуни, официалияб къагӏидаялъ гуребги цӏар тӏамун ратӏалъулезулги къадар цӏикӏкӏунеб букӏин бихьулеб буго"}
{"slug": "20157-planal-giemerl-un-giarats-dagl-un", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20157-planal-giemerl-un-giarats-dagl-un", "title": "Планал гӏемерлъун, гӏарац дагьлъун", "date": "2022-09-23 09:40:30", "categories": ["med"], "text": "Гьидерида хъахӏаб халгӏат ретӏарав чи тӏоцеве вихьана 1927 соналда. Гьев вукӏана гӏолохъанав тохтур, асатӏинав Михаил Никалаевич Багулов. Дол соназда райцентр букӏана Гӏурада росулъ. Хъахӏав пачаясул полковник Дибирасул Мухӏамадил букӏараб кӏитӏалаяб минаялда жаниб районалда тӏоцебе Тӏидиб росулъ Багуловас рагьана 12 койка лъураб больница. Цо чанго соналдасан гьеб гочана Гӏурада росдал Габдану абулеб бакӏалде. ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун хӏалтӏулев вукӏарав Ибрагьим Ибрагьимовасул жигаралдалъун, сероводород ва сода гъорлъ бугел даруял лъинал ругеб санагӏатаб бакӏин абун, гьениса больница цӏидасан гочана Тӏидиб росдал Горцӏохъ абулеб бакӏалде. Гьениб бана кӏудияб больница ва 2013 соналда, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Танка Ибрагьимовасул хӏаракаталдалъун гьабуна капиталияб ремонт.\nХӏалтӏул хӏасилазул, церечӏарал масъалабазул ва гьаризе ругел хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Гьидалъ участкаялъулаб больницаялъул бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Хӏайбула Мухӏамадовасулгун.\n— Кинаб даражаялда бугеб больницаялъул материалиябгун техникияб база?\n— Больницаялда буго 30 унтарасе вегизе бакӏ, гьездаса 20 койка – сордо-къоялда жаниб регулеб ва анцӏго койка – къад заманалъул стационар. Руго терапевтияб, педиатрияб отделениял, гьединго лъабго койка буго акушер-гинекологияб хӏалтӏуе. Буго УЗИ-аппарат, цифровияб рентген, цаби-гӏусал къачӏалеб кабинет. Гӏунги тӏокӏ буго компьютерияб техника. Амма больницаялда бугеб гӏемерисеб къайи-къоно, алатал руго басралъарал. 2013 соналдаса нахъе цониги цӏияб алат нижер больницаялъе кьечӏо. Чара гьечӏеблъун ккола хехаб кумекалъул автопарк цӏигьаби, гьединго цебего заман щун буго медицинаялъул цӏиял алатаздалъун больница хьезабизе. Къваригӏун руго микроскопал, автоклав, лаборатория, физкабинеталъул аппаратура, гастроскоп, бакӏ-бакӏазде босулеб флюорограф, ростомерал, цӏадираби…\nХехаб кумекалъе хӏажалъулел дараби руго, амма цогидал дарабазул къанагӏалъи буго.\n— Бетӏерал тохтурзабазул гӏарз букӏуна медицинаялъул хӏалтӏухъаби гӏолел гьечӏин, ругезулги мукъсанаб гурони лъай-махщел ва хӏалбихьи гьечӏин абун…\n— Больницаялда вуго 70 хӏалтӏухъан, гьездаса 56 медицинаялъул хӏалтӏухъан. Къваригӏун вуго неврологиялде гьетӏи бугев терапевт. Нижер гӏолохъанал тохтурзаби ккола УЗИялда хӏалтӏулей Мухӏамадова Альбина ва цаби-гӏусазул тохтур Багъужалов Мухӏамад. Гьел ккола шагьаралъул больницабазда хӏалтӏул хӏалбихьи щварал махщелчагӏи.\nГӏаммаб куцалда абуни, гӏемерисел хӏалтӏухъаби ккола 20-30 соналъул хӏалтӏул хӏалбихьи бугел, хӏалтӏи лъалел, бокьулел ва унтаразул баркалаялъе ва адабалъе мустахӏикъал чагӏи. «Хӏакъикъаталдасанги» баркала кьела акушер-гинеколог Хӏабибулаева Маринае, терапевт Гьитӏиномухӏамадова Патӏиматие ва участокалъул тохтур-терапевт Хӏажиев Мухӏамадие.\n— Цохӏо гьидерил росабазул гӏадамазейищ нужеца хъулухъ гьабулеб?\n— Нижеца хъулухъ гьабула 4500 чиясе. Гьидерил росабазул гӏадамазе гуребги, нижеца медицинаялъул хъулухъ гьабула больницаялдаса 30 километралъ рикӏкӏад ругел Цӏекӏоб, Лъануб ва Хучада росабазул гӏадамазеги. Нижер жавабчилъиялда буго ункъо амбулатория, щуго ФАП ва лъабго фельдшерасул пункт.\n— Кинаб даражаялда гӏуцӏун бугеб диспансеризациялъул хӏалтӏи?\n— Нижеца тӏокӏлъиялда тӏубазабуна диспансеризациялъул план. Тӏалабазда рекъон, 40 соналдаса тӏаде арал чагӏазул хал-шал гьабула щибаб соналъ, 18-39 сон базегӏан ругел чагӏазул – лъабго соналда жаниб цо нухалъ; исана гьеб хӏалтӏи тӏубазабуна нусабго проценталъ. Коронавирусалъ унтун рукӏарал чагӏазе щибаб соналъ гьабула диспансеризация.\nДиспансеризациялъ тӏатинаруна бищунго тӏиритӏарал рекӏел ва бидурихьазул унтаби, рак унти (Гьидалъ вуго 76 гьединав унтарав), гьединго рукьбузулгун рищалабазул унтаби рукӏин. Соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго ракалъ унтулезул къадар, гӏолохъанлъулел руго тӏадехун рехсарал унтаби. Гӏилла – химия гъорлъ бугеб квен, гӏемер кванай, рагъа-рачари дагьлъи ва квешаб экология.\n— Чан лъимер гьабулеб участокалда лъагӏалида жаниб ва гьезул сахлъи кинаб бугеб?\n— Лъагӏалида жаниб участкаялда гьабула 10-15 лъимер. Соналдаса соналде дагьлъулеб буго росабалъ гӏадамазул къадар, херлъулеб буго халкъ, гьелдаго цадахъ дагьлъулеб буго гьарулел лъималазул къадарги.\nУчастокалда буго 960 лъимер, гьезул сахлъиялда хадуб халккола лъабго тохтур-педиатрас. Аслияб куцалда тӏатунел руго гьезул хӏухьел цӏалел лугбузул ва ургьисалабазул унтаби. Гьелъие бугеб гӏиллалъун дица рикӏкӏуна лъималазул сахлъиялда хадуб эбел-инсул тӏаса-масагояб бербалагьи букӏин.\n— Сунца квалквал гьабулеб бугеб нужер хӏалтӏуе?\n— Медицинаялъул хӏалтӏухъабазда дица тӏадаблъун гьабун буго, унтараздехун жидерго эбел-инсудехунго гӏадаб бербалагьи букӏине ккей. Жакъа гьеб рахъ цӏакъ лъикӏ буго гьаниб. Унтараздехун нижер хӏалтӏухъабазул бугеб хӏурматияб бербалагьиялъул бицунеб рагӏун, гьанире рачӏуна сах гьаризе Лъаратӏа ва Гӏахьвахъ районазул, Бежтӏа участокалъул росабалъа унтаралги.\n— Росабазул администрациязул букӏунищ нужее гьабулеб кумек?\n— Букӏунаро, киданиги цӏехоларо нужее къваригӏараб, камураб жо бугищ абун.\n— Щиб батӏияб-цӏияб жо больницаялда гьабизе бокьун бугеб?\n— Планал гӏемерлъун, гӏарац дагьлъун букӏиналъул буго кӏудияб квалквал.\nЛъел буго къварилъи, бокьун буго километралъул манзилалда цӏияб лъел мухъ бачине. Хьул буго гьидерил росабазул бутӏруз гьелъие кумек гьабиялде.\nЛицензия гьечӏин абун, 2013 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб гьечӏо гьаниб бугеб сероводородалъул лъим. Гьениб хӏалтӏи гьабун бахъунеб буго, лъел тӏокъо гьабун, лъим бухӏизабулеб бройлер лъун, бокьун буго рукьби, рищалаби унтарал чагӏи сахгьаризе байбихьизе. Гьаб Талгиялда бугелдаса къураб гьечӏо. 1964 соналда Тӏидиса Гӏанчӏо Хӏажихӏмад абулев чияс, кипятильникалъ хинлъизабулаан гьеб лъим ва радал анцӏго тӏубараб мехалъ рачӏунаан рукьби унтарал херал чагӏи лъелъ регизе. Сахлъун, гьенирго гӏунсбиги тун, рокъореги унаан.\nБольницаялъул ракьалда бугеб сода гъорлъ бугеб лъеца сах гьарула чехь-бакьазул унтаби, хасго ракӏ цӏерхӏей (изжога). Къваригӏун буго, хинлъизеги гьабун, гьеб лъим унтараз гьекъолеб къагӏида букӏинабизе.\nКиналго сурсаталги росун, ччукӏун унеб бугеб больницаялъул кӏкӏалал рагӏалдисеб рахъ щула гьабизе тӏаде босун буго Хӏотода росулъа инженер Гӏабдулаев Мухӏамадица. Нижер коллективалъул рахъалъан гьесие баркалаги буго.\nКамуларо ток ун, хӏалтӏи чӏун кколел лъугьа-бахъиналги. Нижеца валагьулев вуго больницаялъе электрогенератор босулев ва тӏорччоца бакулеб котельная токалде бачине кумек гьабулев спонсор.\n— Ниж ккола ФОМСалъул гӏарцуда бадире балагьарал чагӏи. Гьелъ бихьизабураб план тӏубачӏони, нижее мукъсанаб гурони гӏарац бачӏунаро.\nДРялъул Хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, 2019 соналъул тӏоцебесеб ноябралда районазул киналго участкоявиял больницаби цолъизаруна районазул больницабигун. Гьеб тадбиралъ нижер хӏалтӏуе гӏемерал квалквалал гьаруна: харжал дагьлъана (тохтурасул гьоркьохъеб харж букӏана 44, медсестраялъул — 22, санитаркаялъул — 17 азарго гъурущ. Жакъа гьел харжал кӏиго нухалъ дагьлъана). Щиб къваригӏаниги кьеян гьарун, ине ккола ЦРБялде, нижер гӏарацги уна гъобего. Бокьилаан гӏарцулаб сурсатгӏаги нижерго ихтияралда букӏунеб къагӏида гьабуни.\nНури Нуриев"}
{"slug": "20159-kokh-a-sultianmukhiamad-khiazhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20159-kokh-a-sultianmukhiamad-khiazhi", "title": "Кьохъа Султӏанмухӏамад-хӏажи", "date": "2022-09-23 09:54:43", "categories": ["history"], "text": "Исана 28 сентябралда 22 сон бала гӏалим, факъигь Кьохъа Султӏанмухӏамад-хӏажи (1907 -2000) ахираталъул рокъове аралдаса. Гьев вукӏана жиндир тӏолабго гӏумру гӏелму цӏалиялде ва гьеб малъиялъе назру гьабурав чи.\nГӏалимчи, факъигь, жакъа Дагъистаналда ругел гӏемерал гӏалимзабазулги мугӏалим Султӏанмухӏамадхӏажи гьавуна Кьохъ росулъ. Гьесул инсуда цӏар букӏана Хӏажияв Дибир. Султӏанмухӏамад, гьитӏинго вукӏаго эменги хун, бесдаллъана. Гьелдаса хадуб эбелалъ кьуна лъималазе тарбия. Тӏоцебе гӏелмуялъул дарсал гьесие цӏалана кӏудияв вац (доб заманалда машгьурав гӏалимчи) Мухӏамадица. Эбелалъул аманаталда рекъон ва гьелъ кьураб кӏваралъ Султӏанмухӏамадица гӏелму цӏалиялъул нухда гали лъуна. Доб заманалда магӏаруллъиялда билълъараб къагӏидаялда Султӏанмухӏамадги росулъа росулъе ун батӏи-батӏиял гӏалимзабазда цеве цӏалана. Гьел ккола Гӏоротӏаса Сулайман, Гьандихъа Гьитӏиномухӏаммад, Болъихъа Муртазагӏали-къади, Ансалтӏаса Гӏисалав, Чачаналъе гочарав Тӏандоса Нурмухӏаммад – живги «Ибну Хӏажаразе» баян хъварав Кьорошиса Халилил мутагӏил, Гьигьалъа Хӏусайнияв – свалат-салам лъеяв Аварагасул наслуялъул чи, Дагъистаналда машгьурав гӏалимчи Хъазанищалдаса Абу Супян, Салтӏаса Узун-хӏажиясул мутагӏил, Макка-Мадинаялда цӏаларав, Салтӏаса Кьохъе гочарав Ахӏмадхӏажи, Кьохъа Гӏумар-дибир. Гьел гурелги гӏемерал росабалъе щун вуго гьев гӏелму тӏалаб гьабулаго.\nЖивго Султӏанмухӏамадхӏажиги кколев вуго Дагъистаналъул бергьарал гӏалимзабазул наслуялъул чи. Гьесул тӏоцеве рехсолев кӏудияв эмен ккола Кьохъа Салман (Кабир). Гьев вукӏун вуго Ширваналда ва Персиялда гӏелму цӏаларав чи. Гьенив цӏалулаго, Салманица хъвараб тӏехьги буго нахъе цӏунун. Салманил вас Гӏали вукӏун вуго гӏалимчи — Гӏободаса Шагӏбан-къадил мугӏалим. Гӏалил вукӏун вуго кӏиго вас — Гӏабдулкъадир ва Салман. Салман цӏалана Гӏобода, Шагӏбан-къадиясда цеве. Гьесдаго цадахъ Гӏобода цӏалулел рукӏана нахъа жидер гӏелмуялъ Дагъистан цӏезабурал Къудукьа Мусалав ва Мохӏоса Дамадан. Шагӏбан-къадиясул яс Патӏиматги йикӏун йиго бергьараб гӏелму бугей гӏадан. Гьей кьола Кьохъа Салмание росасе. Гьев кколев вуго Султӏанмухӏамад-хӏажиясул щуабилев кӏудияв эмен. Салманил вац Гӏабдулкъадирги вукӏана гӏелму-лъай бугев чи. Гьев хӏалтӏун вуго Кӏаратӏа ва Хуштада къадилъун. Гӏабдулкъадирилги вукӏана Салман абун цӏар бугев вас – заманалда рекъараб гӏелму бугев гӏалим.\nСултӏанмухӏамад-хӏажияс гӏелму цӏалун буго гӏумруялъул 42 соналде вахинегӏан хъизан-рукъалде вуссинчӏого ва щибго дунялалъул магӏишаталде кӏвар кьечӏого. Кигӏан захӏмалъаниги, цӏалиги рехун тун гьечӏо. Гьесул эбел цӏакъ кьварарай гӏадан йикӏун йиго ва гӏелмуялъул хиралъи лъан васасда лъазабун буго, жий хун йигилан рагӏаниги, мун дарсги гьоркьоб къотӏизабун нахъе вачӏунгейилан.\nСоветазул хӏукуматалъ диналда данде рагъ гьабулел соназдаги Султӏанмухӏамадхӏажияс гӏелму малъи гьоркьоб къотӏизе течӏо. Гьес жиндирго рокъоб балъго гӏелму малъулел мутагӏилзабазе ресал гьарун рукӏана. Росдае шаргӏалда рекъараб хӏалалъ рукӏине нухал малъулел рукӏана. Гьеб гьесухъа гӏемерисеб нухалъ бажаризеги бажарана. Масала, колхоз гьабун киналго ракьал цере кковухъе рикьулеб мехалъ, гьесул малъиялда рекъон, хиса-басун щивасухъе жинди-жиндир хур-ах щолеб хӏал гьабуна. Гьелъ цониги хурул гӏорхъаби хвечӏого колхозал риххараб мехалда миркалъул бетӏергьаби разиго хутӏана. Цӏакъ кӏвар кьун гьаруна гьес жамгӏиял хӏалтӏабиги. Гьесул тӏадчӏеялдалъун ва жигаралдалъун росулъе кӏиго бакӏалдасан лъим бачана, кьо ва больница бана, мажгит рагьана, мадраса бана.\n1990-абилел соназул авалалдаго гьес росдае имамлъи гьабун, къватӏиса ругониги, гӏалимзабиги кумекалъе рачун, росулъ гьитӏинав-кӏудияв, руччаби-лъималазда битӏун Къуръан цӏализе ва как базе малъана.\nГьев кидаго вукӏана росдае гӏакълучилъун. Гӏицӏго Кьохъа гӏадамазе гуревги, тӏолго магӏаруллъиялъего машгьурлъана шаргӏалъул хӏукмаби къотӏулев къади хӏисабалда. Кинаб бугониги захӏматаб суал гьикъун гьесухъе цӏакъ гӏемерал гӏадамал рачӏунаан. Хӏатта жалго гӏалимзабиги хӏажатал рукӏана Султӏанмухӏамадиде. Гьесул рагӏухъ гӏенеккулаан, гьесул хӏукму лъицаго хвезабулароан. Чачан рахъалдасан Дагъистаналде тӏаде хъачагъал кӏанцӏун рагъ байбихьараб мехалъ гьес цӏакъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна рекъел цӏуниялъе ва рагъ къотӏизабиялъе. Гьесухъе чанги нухалъ рачӏун рукӏун руго дол питна бекьулел гӏадамал гъазават гьабизе ккун бугин, гьелъие фатва кьейилан. Гьес, гӏелмуялъул кьучӏал далилаздалъун, гъазаваталъе цониги шартӏ гьечӏин абун баяналги кьун, нахъчӏван руго.\nГьесухъ гӏелму цӏаларал гӏемерал гӏалимзаби жакъа жалгоги дин тӏибитӏизабулел руго. Гьезда гьоркьоса кӏигояв вахъана шаргӏиял гӏелмабазул доктораллъун: Кьохъа Сагитав ва Гъодобериса Ахӏмад. Гьесул машгьурал мутагӏилзаби руго Мигӏарсоса Тӏагьа, Буртунаялдаса Анварбег, Килалъа Гӏумарасхӏаб, Гӏободаса Мангуев Мухӏамад, Рахатӏаса Гӏисалав, Муниса Бадрудин, Кьохъа Ахӏмад (ясалъул вас) ва гӏемерал цогидалги. Султӏанмухӏамадхӏажияс нахъе тун буго цӏакъ къиматал тӏахьал данде гьарураб библиотека. Гьелъул жеги сияхӏ гьабун лъугӏун гьечӏо. Гьесул мутагӏилзабаз дагьаб цебе данде гьабун къватӏибе биччана мугӏалимасул хӏакъалъулъ жидерго ва росуцоязул ракӏалдещвеязул тӏехьги.\nМухӏамадрасул Гӏумаров"}
{"slug": "20164-dir-kiudadagi-zhindirgo-chakh-abi-rik-arav-tsiogorgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20164-dir-kiudadagi-zhindirgo-chakh-abi-rik-arav-tsiogorgi", "title": "Дир кӏудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цӏогьорги", "date": "2022-09-23 10:30:35", "categories": ["kultur"], "text": "(Байбихьи 37-аб. номералда)\n— Мун щай гьев чигун къацандулев? Гьес бикъун буго жиндир чахъу, гьеб нилъер чахъу гуро.\n— Гьес абулеб бугогури нилъерал рикъанин, щай гьел гьесул рукӏунел? — ин ццин бахъун кӏалъан вуго лъебелав.\n— Гьеб буго гьесул чахъу. Дуе гьес абулеб жо щибизе? Дида мухӏканго лъала гьев чияс бикъараб жо гьев бетӏергьанаб жо букӏин, — ан чӏун вуго кӏудада. Ас бицунеб жо бичӏчӏуларого рукӏун руго дов гӏолохъанчиги хералги.\n— Аллагьас рикъзи бикьулеб мехалда нилъее щвараб боцӏуда гъорлъ букӏуна нилъее къисматабги, нилъер гуребги. Гьенир руго цо бутӏа циялъе, цо бацӏазе, гъеду-хӏинчӏалъе, хӏутӏ-хъумуралъе, чакъалазе ва цогидаб рухӏчӏаголъиялъе кколеб. Гьединго руго гӏисинал цӏогьазул бутӏаги, гӏисинал, мукъсанал, хӏинкъарал цӏогьазе кколеб. Гьезул букӏунаро гӏи жидецаго хьихьизе гӏураб гӏакълугун тадбирги, бикъичӏого тезе гӏураб имангун яхӏги. Гьеб буго гьесул ризкъи. Мун щай къацандулев гъосдехун, гъос жиндие къисматаб жо босанин. Нилъер ццин букӏунарогури кьегӏер чӏвазе бачӏунеб чакъалалде. Нилъеца хӏалкӏун цӏунула, амма ццин букӏунаро гьелде. Вилълъа, бахӏарчи, сверун вахъе дуе хутӏа-тараб бугищали, нижер цо бицунеб хабар буго. Дир щибго дагӏба гьечӏо дуца дуе кколеб жо бикъанин, — ян абун буго кӏудадаца цӏогьорасда. Гӏолохъанчи щиб абизе кколебали лъаларого хутӏун вуго, хадув гъулгъудилаго ун вуго гьениса нахъе, хераз релъизе байбихьун буго. Гьелдаса нахъе хераз хасгьабун хӏурмат гьабизе байбихьун буго кӏудадал ва рачӏанщиназе бицунеб букӏун буго «жиндирго чахъу бикъарав» цӏогьорасул.\nГьединал ракӏалдещвеял, харбал рукӏунаан кӏудияв инсул гьалбадерие. Гӏадамал калам тун гӏенеккун рукӏунаан гьес бицунеб хабаралъухъ, гьес гӏадин махщалида бицине лъалев чи дагьал дандчӏванинги рукӏунаан. Живго хутӏараб мехалда кидаго каказда вукӏунаан кӏудияв эмен, дида ракӏалда руго гьесул халатал, чӏегӏераб кьералъул чӏумал, кидаго гьелги сверун, я бакараб цӏадуде, я гордухъан сверухъ мугӏрузде валагьун, хиялалъ вукӏунаан гьев. Цо-цо мехалда кӏудаэбел ялъаргъун махсарабиги рукӏунаан. Цо жо гуржи мацӏалда абун, хадуб пашманаб лугъаталда азербайжан мацӏалдеги вахун, жиндиего ахӏулеб цо кечӏалда релълъараб жо букӏунаан:\n«Дагъустан дагъ ериди,\nГуржистан гуль ериди.\nАнасы ульмюшь Балакен,\nГызларин бол еридир…»\nМухӏканаб таржама гьал рагӏабазул дида лъаларо, гӏага-шагарго гьадинаб бугин абуна лъалез:\n«Дагъистан мугӏруздехун буго,\nГуржистаналда ахал тӏогьолъ руго,\nАмма берцинал ясал\nБищунго цӏикӏкӏун\nБелоканалда руго», — ян абураб.\nГьел рагӏабалъ гьечӏо абизе гӏураб я пасихӏлъи, я гӏакъиллъи, я гъваридаб магӏна. Гьел жинцаго жиндиего херав чияс магӏарухъ ахӏулел мухъаз ва бакъназ гьесухъе бачӏунеб букӏана жиндирго гӏолохъанлъи. Тӏоцебе гьеб кечӏ ахӏулеб рагӏараб бакӏ, Цӏор, жеги гӏолохъанав, чӏагояв живго, цониги гьайбатай гӏанчӏай гӏолилай Белоканалъул базарчӏван уней. Гьеб букӏана жиндир гӏолохъанлъиялъул ракӏалдещвеязул дандерижи, ахирисел къоял рикӏкӏунев, кӏодолъарав херав чиясул. Гьединго рукӏана пашманал лугъатал ва рагӏаби гуржи мацӏалда, гьесул бакъан, гьесул как, гьесул дугӏа, гьесул калам, кинабго бачӏуна цебе, квачараб хасалил гӏазул бураналъул ва гьорол сасида гъоркь, цӏадухъ бакараб печалъул гьургьуриялда ва къеда сагӏтил кӏутӏиялда гъоркь. Цӏакъго пашманаб лугъат цӏикӏкӏинчӏого букӏине цо-цо мехалда кӏудада сихӏкъотӏигун гуржи кечӏги хвезабун кӏудаэбелалде вуссунаан:\n— Валлагь гьай гъарини (гъари — херай абураб магӏнаялда чӏурмутӏалъул лугъаталда) махӏрум гьаюна Бетӏергьанас мацӏаздаса, гьадаб росдал лъар бахун добехун алъ чухӏулеб жо дунялалда бичӏчӏуларо. Дун вуго эркенго падар, хъазахъ, авар мацӏазда хункар-пашазабигун кӏалъазе кӏолев чи, — ян релъулаан кӏудияв эменги гьесда сверухъ ругелщиналги. Кӏудаэбел семулаан, ягъулаан, гьав чи, 70 сон баниги, кӏудиявго гӏолев гьечӏин.\n1983 соналъул ихдаде кӏудада нахъойги унтана. Букӏана квешаб, хӏехьезе кӏолареб унти ва макьу тарал сардал. Районалдаса вертолет ахӏана эбелалъ, хадусеб къоялъ радал квешго гьава-бакъги кьерхун, бачӏине кӏвечӏо. Автомобилалъул нух доб мехалда букӏинчӏо. Аппендецит букӏана гьесул. Хадусеб къоялъул бакъаниде хӏехьезе кӏолареб букӏараб унти сасана ва кӏудада гӏетӏулъ вецӏцӏулев вукӏана. Эбелалъ дунял роцӏцӏунеб буго, радал вертолет бачӏинин абидал, гьес квер хьвагӏана ва абуна:\n— Гьанже гьелдаса ана, Гӏайишат, гьадинаб букӏун буго Бетӏергьанасул хӏукму, гьаб унти дагьаб заманалъ араб жо буго, дир беццабакь бихъун буго жаниб, гьанже лъиданиги кӏоларо дун хвасар гьавизе… Хадуй гӏодулей эбелалъеги, гьелъул яцалъе ва гьезул ясазе мухӏканго бицун буго кин живго вукъизе кколев ва лъида тӏад щиб къазе кколеб. 7 апрелалъул рогьалилъ къадаралде щвана кӏудада ва добго къоялъ росдал хабалалъ вукъана. Гьесда цадахъ къаникье ана досул гӏадатлъиги, гӏаданлъиги, махсарабигун кучӏдулги, къисабигун харбалги, гӏемераб гӏакъилаб, досда бихьараб, досда рагӏараб, гьес жинцаго гӏумруялъухъ ва гӏадамазухъ балагьун хӏасил гьабурабщинабги. Хутӏана ракӏалдещвеял. Гьанже кӏикъогогӏан сон сверун хадуб, дун Чӏороде щвараб мехалда бихьула гьесул реххун тараб рукъ ва гьениб горда гъоркь чвахулеб лъарал гьаркьихъе рагӏула дида лъимерлъуда гӏинда кӏутӏараб пашманаб гуржи бакъан яги падар мацӏалда ахӏулеб кечӏ: «Дагъустан… дагъ… дагъ ерди…».\nЦо-цо мехалда ккола дов доваго горда гъоркь тӏамураб ургуялдаги вегун, кодор чӏумалгун, ниж жанире лъугьун рачӏиналъухъ валагьун вугин, амма нуцӏида даларал, кьавуялъ кьер хисарал кӏулалги, бакъуца ва цӏадалъ кьер хисараб нуцӏаги бихьарабго, щакъраххуна, бадибе магӏу бачӏуна ва хехго гьениса цо рахъалде ине гӏедегӏула, цощинаб гӏадамазда вихьиладайин. Киназдаго бичӏчӏуларо кӏикъогогӏан сон свераралдаса дур пашманлъи… Исана эбелги ана.\n2018 с. Ноябрь. Махӏачхъала.\nМухӏамад Бисавгӏалиев"}
{"slug": "20165-k-ismatal-ul-k-isa-k-al-uleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20165-k-ismatal-ul-k-isa-k-al-uleb-bugo", "title": "Къисматалъул къиса къалъулеб буго…", "date": "2022-09-23 10:40:53", "categories": ["lit"], "text": "Хамизилги дирги лъай-хъвай ккаралдаса гӏурабго заман буго. Ва щибаб дандчӏваялъ цӏи-цӏияй Хамиз рагьула дие.\nТӏоцебесеб иргаялда, бицине бокьун буго Хамиз – учителалъул хӏакъалъулъ.\nХамиз Мухӏамадовна Хъазанбиева ккола Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа. Гӏумру гьабулеб буго Махӏачхъала шагьаралда. Лъугӏизабуна ДГПУ. Хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул № 8 лицеялда.\nСуратаз бицина гӏумруялъул тарих\n— Дир имгӏал Гӏали Хъазанбиев хӏалтӏулев вукӏана гьеб лицеялъул директорлъун. Эбел-эменги хун дунго хутӏидал, гьев ватана дир хьолбохъ. Ва гьес дун хӏалтӏизе ячана лицеялде. Долдаса нахъе ана 20 сон. Гьел саназул щибаб къоялъ ракӏалде щола дида имгӏал, щайин абуни, сун унеб букӏараб дир къисматалъул бакъ цӏидасанги кунчӏизабизе хӏаракат гьес бахъана, — ян абуна Хамизица.\n— Лъималазул рокьуе мустахӏикъаллъун рукӏин бигьаяб пиша гуро, — ян хадубги бицана Хамиз Мухӏамадовнаялъ – дарс кьеялдаса захӏматаб буго учителасе лъимал рокьизе живго ругьун гьави. Жакъа гӏадин ракӏалда буго школалде, учитель хӏисабалда, ячӏараб къо: дихъ балагьун, классалда батараб чамалиго бералъулъ бихьана цо хӏайранаб балагьи.\nЖакъа дуе жал рокьизе кколин абулеб букӏана щибаб балагьиялъ.\nДолдаса нахъе ана къого сон. Амма историялъул учитель Хамиз Мухӏамадовна ритӏухъайлъун хутӏана доб къоялъ жиндиего бараб гьаялъе.\nЦохӏо дарс кьеялда лъугӏуларелъулха учителасул хӏалтӏи. Хамиз Мухӏамадовнаги гьелъул цӏалдохъабиги гӏахьаллъула Тӏолгороссиялъул, Халкъазда гьоркьосел, республикаялда тӏоритӏулел конкурсазда ва ккола цересел бакӏал. Гьел щола республикаялъул ва Россиялъул регионазул батӏи-батӏиял бакӏаздеги. Гьеб киналъего нугӏлъи гьабула щунусгоялдасаги цӏикӏкӏун цохӏо учителалъе ва гьелдасаги цӏикӏкӏараб къадаралъул цӏалдохъабазе щварал дипломаз, грамотабаз, баркалаялъул кагътаз.\nГьале учителалъул школалъулаб ва жамгӏияб хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ бицунел суратазул цӏураб цоги папкаги.\n— Дир гӏумру берцин гьабулел цӏалдохъаби ккола дие къисматалъул тӏугьдуллъунги. Гьезул гьимиялъулъ батана дида талихӏги. Дир рес ккечӏо учителасул хъвай-хъвагӏаязул тетрадь гьабизеги. Гьединлъидал биччанте гьал суратаз бицине дидаса хадубги дир гӏумруялъул тарихалъул тӏегьан бачӏараб къиса, — ян абуна Хамиз Мухӏамадовнаялъ.\nУнго-унголъунги, Хамизие къисматалда кунчӏарал жавгьараллъун руго цӏалдохъаби. Гьелъ кӏудияб хӏаракат бахъулеб буго жакъасел школлъималазда Дагъистаналъул маданиятги, гӏадатал-гӏамалалги, тарихги, адабиятги лъазабизе. Гьединлъидал гьелъул дарсазул гьалбалги ккола шагӏирзаби, хъвадарухъаби, тохтурзаби, Авар театралъул актерал, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, ватӏаналъул бахӏарзал, учительзаби, низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби ва цогидалги дагъистаниял.\nЖакъа учителалъул ракӏбакъвазабун буго школазда рахьдал мацӏазул ва Дагъистаналъул маданият гӏадал дарсазда сверун лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ. Гьей чанго нухалда щвана республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялде. Цогидалги жамгӏиял хӏаракатчагӏигун цадахъ ахӏи бана гьелъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялдеги.\n— Жакъасеб къоялъул къваридаб саринлъун ккола рахьдал мацӏ лъалерел лъимал, гьелде тӏадеги, миллаталъул гӏадатал-гӏамалаздеги квер хьвагӏи гурищ кколеб Дагъистаналъул маданияталъул дарсал школалъул программаялдаса нахъе рахъи. Мацӏги, гӏадаталги, миллаталъул тарихги кӏочарал наслабаз кин цӏунизе бугеб ватӏан? — илан пашманго абуна Россиялъул лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъан, лъималазе ракӏ кьурай, гӏумруялъул магӏнаги гьезул талихӏалъулъ бугей Хамиз Мухӏамадовна Хъазанбиевалъ.\nТӏаде щолеб бугеб учителасул байрамги баркулаго, гьарула гьелъие творческияб хӏалтӏулъ дагьалги чӏахӏиял бергьенлъаби.\n— Дир гӏумруялъул аслияб магӏналъун жакъа дие ккола дир цӏалдохъаби.\nДица малъаралъул, бицаралъул цо дагьабниги пайда гьезие батани ва гӏумруялъул сухъмахъаздасан таричӏого ине гьезухъа бажарани, гьеб букӏинаан дие кӏудияб рохеллъун, — илан бицана Хамиз Мухӏамадовнаялъ.\nДица гӏумру тела гӏадада инчӏин…\nГьалеха цогидай, батӏияй Хамиз.\nЛъималазе хӏеренай, гьимун, елъун гурони гьезда кӏалъаларей, ккаралъуй кьварарай учитель Хамиз Мухӏамадовна, дарсалги лъугӏун, къалъудаса хадуй лъугьуна батӏияйлъун.\nРеспубликаялъул жамгӏияб гӏумруялда гьелчолеб бугеб цо карачелалъул бетӏергьан йиго Хамиз. Къойилго гьалдолеб букӏуна гьелъул гӏумру. Гьелъул заман гӏолеб буго рахьдал мацӏалги маданиятги цӏунейилан ахӏи базеги, рагъул ветераназухъе щвезеги, шагьаралда рацӏцӏалъи цӏунизе хӏалтӏи гьабизеги, волонтеразул кьеразулъги гьей. Гьединго Хамиз ккола «Поддержка курса главы РД» ДРООялъул правлениялъул председательги. Дагъистаналда бугеб «Кӏудияб Бергьенлъи» гӏуцӏиялъул координаторги. Бергьенлъиялъул волонтерги йиго Хамиз, Республикаялда бугеб Херазул советалъул членги ккола гьей. Жеги гӏумруялъул сонал 50-ялдегицин рахун гьечӏониги, гьелъул гьабулеб хӏалтӏуде бугеб жавабчилъиги бихьун, йосана гьей гьеб советалдеги.\nГӏадамазул гӏемерал къваригӏелал тӏурана ва тӏуралел руго Хамизица жакъаги. Рагъул ветеранасда аскӏоб чӏун бахъараб цо сураталъегицин гьелъ бицунеб букӏараб недегьаб мацӏ.\nКинха рухӏдаллъиларей гьединай чӏужугӏаданалда. Гьадиназда абулеб батила къуватай чӏужугӏаданилан.\nГьедин дица абураб мехалда, гьей пикрабалъе ккана:\n— Дица хӏаракат бахъулеб буго ритӏухъайлъун, гӏадамазе пайда цӏикӏкӏарайлъун йикӏине ва хутӏизе. Гьеб кинабго дие ирсалъе тун батана кӏудияв инсуцаги, дирго эбел-инсуцаги ва Дагъистаналъул тарихалда жиндирго цӏарги лъалкӏги тарай, диеги жиндир цӏар кьун бугей багӏарай партизан Хамиз Хъазанбиевалъ. Дир хӏисабалда, чӏужугӏадан чӏужугӏаданлъун хутӏула, гьелъулъ хӏеренлъи цӏикӏкӏун бугони. Диеги бокьун букӏана гьеле гьединайлъун хутӏизе. Амма лъедезе ккана къисматалъул карачелазде данде. Сверухъе бакӏаризе лъугьараб ритӏухълъи гьечӏолъиялъ бер бахъизе байбихьидал, дида бичӏчӏана дирго гӏодое йиччаялъ дун гъанкъун лъезе йикӏин. Ва байбихьана дир гӏамалалъ жинцаго къисматалъул къебелъухъ жибго лъадаризе. Гьелъго батила дилъ цо дагьалъ цӏикӏкӏараб согӏлъиги, къвакӏиги, кьвариги — руччабазулги бихьиназулги ишал цадахъ дицаго тӏуразе ккеялъ.\nИсана дие рес щвана гӏумраялде ине. Гьеб ккана бищунго дун йохараб хӏужаги. Дица дирго гӏумру рикӏкӏина гӏадада инчӏеблъун, гӏадамазе лъикӏлъи гьабун дихъа бажарани ва гьеб лъикӏлъиялъ дагьабгӏаги лъикӏаб рахъалдехун гьезул гӏумру хисани. Гьедин гурищ кочӏолъги ахӏулеб.\nЛъугӏана Хамизилгун букӏараб гара-чӏвари. Цӏидасанги байбихьана гӏумруялъул цохӏо къоялъулгицин тарих – гьей гӏедегӏун уней йиго жиндирго къисматалъул къалъараб къисаялде данде.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "20252-tsere-kkaralshchinal-ritiize-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20252-tsere-kkaralshchinal-ritiize-gechio", "title": "Цере ккаралщинал ритӏизе гьечӏо", "date": "2022-09-30 06:39:43", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "РФялъул президент Владимир Путиница улкаялда цо бутӏа мобилизациялъул лъазабуралдаса ана анкь. Щибаб къойилго гӏадин военкоматалде унел руго повестка бачӏарал чагӏи. Нижехъе щварал баяназда рекъон, военкоматалде ахӏанщинал хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъизе ритӏулел гьечӏо. Сахлъиялъухъ, рагъулаб хъулухъалъулъ балагьун тӏаса рищулел руго гӏолохъаби.\nМобилизациялда хурхун халкъалъул гӏемерал суалал рукӏинги хӏисабалде босун, 28 сентябралда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчӏвана республикаялъул ва федералиял телеканалазул журналисталгун. Журналистаз Республикаялъул бетӏерасда гьикъана:\n— Цо-цо муницапалитетазда ругел бакӏалъулал военкоматаз гьабураб тӏаса-масагояб хӏалтӏудаса рази гьечӏолъи загьир гьабун букӏана дуца дагьаб цебегӏан, гьез риччарал гъалатӏал хисизарунищ?\n— Гьеб буго щибаб къойил гьабизе кколеб хӏалтӏи. Жакъа къоялде кинабго роцӏцӏун бугин абизе кӏоларо. Бакӏалъулал администрациязда ругел военкоматазул махщалил даража загӏипаб букӏиналъ кколел руго гъалатӏал. Масала, гьадинаб ишгун нилъ дандчӏван рукӏинчӏо. Гьединлъидал гъалатӏал кколел руго ва гьелъул хӏасилалда халкъалъул разилъи гьечӏолъиги буго.\n— Мобилизациялда дандечӏун митингалги тӏоритӏана. Абулеб буго гьелде нилъер гӏадамал гьесизарунин къватӏисел пачалихъазда ругел, хасаб идеологиялда рекъон хӏалтӏулел чагӏазилан. Гьелда бан дуца щиб абилеб?\n— Нилъер гӏадамал руго захӏматги бокьулел, хӏалтӏизеги лъалел, ракӏалги лъикӏал чагӏи. Амма гьелдаго цадахъ добасааниса рагӏанщиналда божулелги руго. Гьелдаса пайда босулеб буго нилъ рокьуларел чагӏазги.\nДРялъул бетӏер Сергей Меликов дандчӏвана мобилизация лъазабидал къватӏире рахъарал гӏолохъабигун.\n«Радалго щвана гьениве. Каспийскиялъул ралъдал аскариязул хасаб полкалъул кьеразулъ рукӏине руго гьел. Гӏолохъабазда бичӏчӏулеб буго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал, Россиялъ хасаб операция байбихьун букӏинчӏебани, нилъер шагьаразде, росабалъе рагъ бачӏине букӏараблъи хӏакъаб букӏин. Дица гьезулгун хабаркӏалги гьабуна. Гьел руго сабурал ва къвакӏарал гӏолохъаби», — ян хъван буго жиндирго телеграмм-каналалда Меликовас.\nРеспубликаялъул бетӏерасул рагӏабазда рекъон, мобилизациялъ ахӏарал гӏолохъаби хӏажатабщиналдалъун хьезарунги руго.\n«Узухъда, цо-цо гӏолохъабазул рахӏат хвезабулеб пикруги буго, гьел рокъор гьечӏебгӏан заманалда жидерго гӏагарлъиялъул кинаб къисматдай букӏинаян абун. Гьезул гӏагарлъиялда дандчӏвалел захӏмалъаби хехго тӏуразе руго.\nРагъулаб хъулухъалъул контрактниказулалдаса батӏиял рукӏине гьечӏо гьез гӏумру гьабулел бакӏазда шартӏалги. Казармабазда санагӏатал бусабиги руго, тӏагӏамаб квенги буго, кинабгӏаги гӏарзги гьечӏо», — ян лъазабуна С. Меликовас."}
{"slug": "20254-povestka-bachiunin-abun-rikhkha-khochize-kkolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20254-povestka-bachiunin-abun-rikhkha-khochize-kkolaro", "title": "Повестка бачӏунин абун, рихха-хочизе кколаро", "date": "2022-09-30 06:41:33", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Дагъистаналъул рагъулав комиссар Дайтбег Мустӏапаевас цоги нухалда бицана мобилизациялъул хӏакъалъулъ.\nГьаб нухалда военкомас жавабал кьуна «Прибой» радиоялъухъ гӏенеккулел дагъистаниязул суалазе. «Военкоматалдаса повестка бачӏанилан абун, рихха-хочизе кколаро. Военкоматалда гьезда бицине буго рагъулаб хъулухъалде ахӏиялъул мурад ва мухӏкан гьаризе руго хӏажатал баянал. Гьенисанго рагъулаб операция тӏобитӏулеб бакӏалде щивниги вачунаро. Цин халгьабула призывникасул сахлъиялъулги, рокъоб бугеб ахӏвал-хӏалалъулги, цогидал рахъазулги.\nМобилизациялда гъоркье ккарал ва, медицинаялъул комиссиялъул хӏукмуялда рекъон, рагъуе ярагьунеллъун рикӏкӏарал гӏадамал бащад гьарула контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубалел аскариязда. Гьезие чӏезабула ратӏлил хасаб формаги, 200 азарго гъурщиде гӏунтӏун моцӏрол харжги, квенги. Мобилизациялда армиялде витӏиялъул суал нахътӏамурав чи гьениве витӏичӏого хутӏизеги бегьула. Гьединлъидал, дица нилъер халкъалда гьарула: повестка бачӏунилан абун, ахӏихӏур бахъинабуге. Повестка кколаро нуж яги нужер гӏагарав чи рагъулаб хъулухъалде витӏиялъе аслияб далиллъун», — ан бицана военкомас.\nД. Мустӏапаевас такрар гьабуна, РФялъул законазда рекъон, мобилизациялъукьа эркен гьарулел гражданазул сияхӏ. Мобилизациялда гъоркье кколаро: улкаялда тӏобитӏулеб мобилизациялда бан, хасал тӏадкъаял тӏуразарулел оборонаялъулгун промышленносталъул комплексалъул хӏалтӏухъаби; сахлъи гьечӏолъиялда бан, рагъулаб хъулухъ тӏубаялъе заманалда, анлъго моцӏалъ, ярагьунареллъун рикӏкӏарал гӏадамал; гьоркьоса къотӏичӏого жидеда хадуб бербалагьи букӏине кколел хъизамалъул чагӏазул тӏалабги гьезие хъулухъги гьабизе законалъ тӏадаблъун гьабурал гӏадамал (гьеб хъулухъ гьабун бажарулев цоги чи гьечӏолъиялда бан); вацазе яги яцазе къайимлъи гьабизе кколел гӏадамал; 16 сон жеги бачӏеб ункъо лъимер, гьединго эбел хун хутӏараб цо лъимер хьихьулев чи; 22 анкьидаса тӏаде араб заманалъ къинай лъадиги 16 сонил ригьалде бахинчӏеб лъабго лъимерги хьихьулев чи; жеги микьго сон бачӏеб лъабго лъимер хьихьулей къоролалъул вас; 16 сон бачӏеб ункъо ва цӏикӏкӏун лъимадул эмен.\nМ. Дайтбеговас абуна, гьел шартӏазухъги халгьабичӏого, призывникал мобилизациялде ахӏиялъул хӏужабазул халгьабулеб бугин абун. «Призывалда гъоркье кколарев чи вагъизе витӏизе гьечӏо», — янги бицана гьес.\nВоенкомасе кьуна гьадинал суалал: — Кодоб рагъулаб билет бугев, амма рагъулаб хъулухъалда вукӏинчӏев чи кколищ мобилизациялда гъоркье?\n— Кколаро. Гьабсагӏаталда хӏажат руго гӏицӏго рагъулал лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарал яги рагъулаб хъулухъ тӏубаялъул хӏалбихьи бугел гӏадамал. Гьединаб хӏалбихьи гьечӏелги гьабсагӏаталда армиялда хъулухъ тӏубалел гӏолилалги мобилизациялда гъоркье кколаро.\n— Мобилизация унеб бугин абун, гӏумру гьабулеб бакӏалдаса кивениги инчӏогойищ вукӏине кколев чи?\n— Повестка бачӏинчӏев чиясе гьеб рахъалъ кинабгӏаги къварилъи гьечӏо. Амма росу-ракь тун, гӏемераб заманалда къватӏив вукӏинехъин вугев чияс жив вукӏине вугеб бакӏалъул военкоматалда лъазабизе ккола гьелъул хӏакъалъулъ. Къватӏисел улкабазде унев чиясухъ букӏине ккола военкоматалъ кьураб ихтияр.\n— Чан чи вачине вугев Дагъистаналдаса?\n— Республикаялда ругел резервистазул цо процент.\n— Кида лъугӏизе бугеб мобилизация?\n— Генералияб штабалъул план тӏубазегӏан.\n— Абулеб буго, полициялъ ккунги рачунел ругин армиялдеян абун…\n— Полициялъ кколел руго цебегоялдаса нахъе военкоматалъ ралагьулел рукӏарал, ай армиялде иналдаса лъутарулел ругел чагӏи. Райотделазда руго гьезул сияхӏал. Гьеб ккола ругьунаб къагӏида.\nКавсарат сулейманова"}
{"slug": "20255-kh-akhial-shalazul-parad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20255-kh-akhial-shalazul-parad", "title": "Хъахӏал шалазул парад", "date": "2022-09-30 06:43:34", "categories": ["kkara-tar"], "text": "Дагъистаналъул ясал,\nНужеде дир аманат,\n— Улбуца нахъе тарал\nШалазул къимат гьабе.\nФазу Гӏалиева\n«Дагъистаналъул васалги ясалги. Жакъа нужеда бараб буго нижер кьералъул къисмат. Хутӏизе бугищ нижер кьер хъахӏаблъун? Хъахӏаб шал – чӏужугӏаданалъул яхӏ-намусалъулги, тӏадегӏанлъиялъулги, борхалъиялъулги гӏаламат. Цӏуне нижер хъахӏаб кьер!»\nГьадинаб букӏана доб къоялда хъахӏал шалазул ахӏи.\nАраб анкьалда Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда шагьаралъул администрациялъулги авар мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъулги нухмалъиялдалъун тӏобитӏана хъахӏал шалазул парад. Ракӏалде щвезаюна халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева.\n— Фазуе кутакалда бокьулаан ватӏан. Киб рагъул гъугъай бахъаниги, Афгъанистаналде щвезегӏанцин, ана гьей Россиялъул солдатазухъе. Жакъаги ахӏи базе букӏана гьелъ ватӏан цӏунизе рахъайилан. Шагӏиралъул хъахӏал шалаз жакъаги ахӏулел руго нилъ ватӏаналъул парахалъи цӏунизе.\nВатӏаналъе хӏалуцарал гьал къоязги гьелъул цӏаралдасан нилъеде хитӏаб гьабулеб буго хъахӏал шалаз, хадусел гӏелазе улка цӏунейин, нилъехъеги гьадинаб талихӏаблъун бахӏарчиял умумуз кьун букӏарабилан. Ватӏан нилъее байбихьула рахьдал мацӏалдасан. Гьеб гьечӏони, билула Дагъистан. Жакъа нижеца, Дагъистаналъул росабазул ва шагьаразул авар мацӏалъул учительзабаз, хитӏаб гьабулеб буго улбузул хъахӏал шалазул къадру цӏунейилан. Хъахӏаб шал. Хъахӏаб кьер.\nТӏолабго дуниялалъул руччабазул талихӏалъул кьер. Гьеб кьералъул къиса цолъун буго ватӏаналъул къисагун. Жакъасеб парадалъул аслияб мурадги буго – ватӏаналъул парахалъи цӏунун ругел васазде дандчӏвай улбузул хъахӏал шалаз гьаби, — ян абуна тадбир гӏуцӏаразул цояй, республикаялъул авар мацӏалъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ.\nГьенир гӏахьаллъизе рачӏарал учительзабаз ва цӏалдохъабаз чӏван рукӏана хъахӏал шалал. Парадалъул гӏахьалчагӏи щвана шагӏиралъул памятникалъухъе. Цо лахӏзаталда гьеб сверана тӏугьдузул гӏидраялде.\nПамятникалда цере кӏалъазе рахъараз рикӏкӏана шагӏиралъул кучӏдул, бицана гьелъул творчествоялъул хӏакъалъулъ.\nЦӏидасанги тӏадруссана майданалде. Шагьаралъул юбилеялде хӏадурараб сценаялдасан учительзабаз иргадал цӏалана «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб поэма. Гьединго Фазул кучӏдул цӏалана гӏурус ва Дагъистаналъул цогидалги мацӏазда. Кӏалъазе вахъарав шагьаралъул бетӏер Салман Дадаевас бицана, тахшагьаралъул юбилеялде рачӏунаго, гьарулел ругел хӏалтӏабазулги. Гьес ракӏалде щвезаруна шагьаралъул тарихги гьеб тарих кунчӏун хутӏиялъе цӏарал нахъе тарал гӏадамалги.\nЛъугӏана байрам. Амма лъугӏичӏо шагӏиралъул шигӏрабазул ахӏи. Гьезул аслияб буго ватӏан цӏунейилан гьабулеб аманат.\n— Магӏарул шал, хъахӏаб шал,\nЭбелалъул махӏ бугеб,\nЭбелалъул рохелги\nУгьдиги симсалъ лъураб.\nЦӏуне улбузул парахалъи. Гьелъие рахӏат букӏунаро, ватӏаналда хӏалуцин бугони.\nШ. Хъазанбиева"}
{"slug": "20256-bisav-vats-va-belorusskij-vokzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20256-bisav-vats-va-belorusskij-vokzal", "title": "Бисав-вац ва Белорусский вокзал", "date": "2022-09-30 06:46:20", "categories": ["kultur"], "text": "Улбулги лъималги. Киналго гӏадамазул кидагосеб ургъел. Дир имгӏал, инсул вац вукӏана Бисавилан. Нижер Чӏурмутӏалда цохӏо гьев вукӏана доб мехалда Бисав. Фамилияги къокълъизабун, дида Бисавилан абизе байбихьана магӏарул газеталда цадахъ хӏалтӏулез. Гьединго абулаан дида Расул Хӏамзатовасги Гӏадалоцаги. Гьедин санагӏалъиги букӏана.\nДир имгӏал Бисав гӏумруялъ вехьлъун хӏалтӏарав чи вукӏана. Хасало рокъове вачӏингун, тӏубараб моцӏги гьес тӏахьал цӏалулаго ва хъалиян бухӏулаго инабулаан. Хасго гьесие бокьулаан цӏализе магӏарул мацӏалда харбал, кучӏдул, школалда малъулел тарихалъул тӏахьал. Гьесие цӏакъ бокьулаан тарих ва магӏарул поэзия. Школалда цӏалулеб мехалъги гьев вукӏун вуго отличник, Совет хӏукуматалъул заманалъ гьединазда «ударникалин» абулаан. Гьесул эмен, дир кӏудада Салдаса Бисав-Гӏали, 37 сон барав гӏолохъанчи, бакъул унтиялъ хун вуго, лъабго васги цо ясги нахъе тун. Бищун кӏудияв вукӏун вуго цӏалул ударник, дица бицен гьабулев Бисав. Эмен хвеялда бан имгӏал Губур Гӏалигун гӏияде ине ккун вуго, лъимал хьихьизе ва эбелалъе кумек гьабизеян.\nГьесул кумекалдалъул гьитӏинал вацал — дир эменги инсул вац Маламухӏамаги, киналго «щуйил» къиматазда анкьгосонил школаги лъугӏизабун, тӏоцере Чӏурмутӏалдаса шагьаралде цӏализе уна. Цӏалулелги гьел рукӏуна Избергалда букӏараб интернаталда. Гьелдаса хадуб гьел лъугьуна университеталдеги: филологияб факультеталде — эмен, биологияб факультеталде — Маламухӏама. Гьел рукӏана районалда ва росулъ гӏадамаз къадру-къимат гьабулел мугӏалимзаби. Эмен гӏемерал соназ хӏалтӏана школалъул директорлъун, имгӏал — биологиялъул ва географиялъул мугӏалимлъун.\nБисасги, вацал кӏудиял гӏунилан, жиндирго пиша рехун течӏо, батӏияб хӏалтӏи балагьизеги лъугьинчӏо. Гьев магӏардаса вачӏаравго, гьесул рокъобе росуго бакӏарулаан. Дагьа-дагьаб «хъахӏабги» биччан, пандур хъван, кечӏ ахӏун ихтилаталда рукӏунаан. Гьев вукӏана цӏакъ рагӏи бегӏерав, махсарахочӏ гӏемерав чи. Тӏомуралда киназего вокьулаан, гьесул гьудул-гьалмагъ камураб росуги букӏинчӏо, жиндирго рукъги букӏунаан киназего, кидаго рагьун. Нахърателги гьабулароан, метерисеб къоялъулги кӏудияб ургъел букӏунароан, квер биччарав, кутакалда киназего кинабго кьезе бокьулев, сахаватав чи вукӏана Бисав-вац. «Бисаввац» абулаан гьесда киназго Тӏомуралда. Нижер лугъаталда гьеб «вац» абураб рагӏи, кӏудиял чагӏазда адаб гьабун «даци» магӏнаялдаги хӏалтӏизабула.\nГьесул жиндирго рукӏана анкьго васги цо ясги, гьедигӏанго хваниланги абулаан. Цо нухалъ годекӏаниб цояс абун буго: «Гьав Бисасда кьижулеб мехалъ жиндирго лъимал киналго рокъоре рачӏанищ-рачӏинчӏищалигӏаги лъаладай», — илан. Лъимал гьесие цӏакъ рокьулаан, амма гогьдаризе гьарулароан.\nИхдал гӏиял рехъабигун росулъе вачӏунаго, гьев гӏурул рагӏалда росдал лъималаз сверун кколаан. Хулжазда жаниса къватӏибеги бахъун, конфетазул цӏураб ящик бихъулаан гьезда цебе ва, рачӏа киналго кваназейиланги абун, харде тӏаде ралаан конфетал. Цинги, жиндие цӏакъ «интерес» бугила кигӏан конфетал гьез кунелилан, велъулаго, гьезухъ валагьун вукӏунаан. Лъимал, конфеталги кун, лъарахъе унаан лъим гьекъезе, тӏадруссунги рачӏун дагьалги кунаан.\nБисас кинабго жо гьабулаан букӏине кколелдаса дагьаб тӏокӏборчӏун. Гьекъезе байбихьани — росуго ахӏун, анкьица лъугӏулареб сухӏмат букӏунаан. Гьеб чӏалгӏарабго гьев гӏигун мугӏрузде унаан ва гӏемераб мехалъ вачӏунароан. Гьесул жиндирго лъималги, ниж — вацасул лъималги цӏакъ ралагьун рукӏунаан гьев вачӏиналъухъ. Вачӏунаан ва гьесул гьаракьалъ цӏолаан тӏубараб азбар-къоного.\n— Гьал щиб къамуял? – илан цӏацӏалаан гьес рас бищунго рас бахарасул.\n— Векерея, доб дир машинка босун вачӏая, — йилан витӏулаан гьес жиндирго кӏудияв вас ва байбихьулаан азбаралъуб жиндирго лъималазул, нижер ва ичӏго-анцӏго росдал лъималазулги рас къунцӏизе. Къунцӏун бахъингун, гъванщилъ хъатги кӏутӏун валагьизавулаан, хадусев чӏезавулаан гьесул бакӏида. Киназулго рас къунцӏун бахъингун, киналго гьудул-гьалмагъзабиги ахӏун, байбихьулаан гьеб лъугьа-бахъин чуриялъул сухӏмат.\nЦо нухалъ дир инсуца абула гьесда:\n— Мун кӏудияв вацги вуго, дуе гӏакълаби кьезе дир ихтиярги гьечӏо, кьуниги дуца гьебги босиларо, амма цо суал бугоха дуе. Дур вуго анкьго вас, кӏигояв кватӏичӏого армиялде ина, цогидалги кӏудиял гӏолел руго. Гьел гӏейгун гьезие бертаби гьаризе ккола, мина-рукъ хӏажалъула, дуца нахъе лъолеб жоги бихьулеб гьечӏо дида… Гьеб кин бичӏчӏилебали лъаларого вуго, — ян.\n— Дица дир лъималазда щиб гьабизе бугебиланищ мун, — илан абула гьес гӏедегӏичӏого, хъалиянги кьурулаго. — Цо пикру буго дир. Бищун гьитӏинас 17 сон барабго, гьел киналгоги рачун, дун ине вуго Махӏачхъалаялъул вокзалалде. Микьго билетги босун ниж рекӏине руго Москваялде унеб поездалда, — йилан рукъ цӏураб кӏкӏуй рехула Бисав-вацас къватӏибе.\n— Москваялдегӏаги нуж щай? — илан гьикъула гьесул пикруялда хадув гъезе кӏоларого вугев инсуца.\n— Москваялда буго нилъер пачалихъалъул бищунго кӏудияб вокзал. Белорусский вокзал абула гьелда. Поездалдаса гъоркьеги лъугьун, дица чемоданалъуса къватӏибе бахъизе буго СССРалъул карта, перроналда гьебги тӏибитӏун абизе буго лъималазда: «Гьалеха, дир лъимал, нужеда цебе буго рагӏа-ракьан гьечӏеб кӏудияб пачалихъ ва гьеб пачалихъалъул бокьараб бакӏалде уна гьаб вокзалалдаса поезд. Белталги росе, а анкьабго рахъалде. Щвараб бакӏалда нужеего бетӏербахъиги гьабе», — йилан. Бетӏерги бугев, хӏатӏалги ругев, квералги ругев чиясда гьадигӏан кӏудияб ва бечедаб улкаялда гӏумру гьабун бажаричӏони, гӏодовги речӏчӏун хвайилан абе. Гьеб дир гӏайиб гуро, — йиланги абун, бухӏунхутӏ печалъубе рехула Бисас.\nГьел гьитӏинал васаз 17 сон базе дагьаб заман хутӏараб мехалъ, чӏвараб унтиялъ, ракӏалдаго гьечӏого хвана Бисав. Хутӏана гьесул бегӏерал рагӏаби, кепал харбал, лъикӏал мисалал, унго-унгояв узденасул, магӏарул бихьинчиясул хасият, яхӏ бугев, квер гӏатӏидав, лъикӏав чи вукӏанилан гӏадамазул ракӏалдещвеял.\nГьаб щибизе дица бицунеб бугеб? Жакъа ралъдал рагӏалда бугеб ашбазалда гьудулзабигун гӏодов чӏун вукӏана. Цоясул телефоналъул зварзвари бахъана. Чӏужу йигоан гьесухъе кӏалъалей. Гьев тирщун столалда нахъаса вахъун ана ва тӏад вуссинчӏо. Цогияв, нижеда цадахъ гӏодов чӏезейилан вукӏарав, ралъдал рагӏалде свери бахъизе арав чи, довасанго рокъове ун ватана. Дагьаб цебегӏан кӏиабилев вас гьавуна гьесие ва гьесда кколеб буго жив кӏудияб хъизаналъул бетӏергьанилан. Хутӏана дунги Гьочоса Махӏачги. Гьале гьанже кӏалъана Махӏачихъеги. — Дун шагьаралда вуго… Температурайилая??? Борцарабищ? Кигӏан?! Дуца гьесие дару кьурабищ?? Гьале вачӏунев вуго… векерулев вуго… Гьабсагӏат… 15- 20 минуталдасан щвела…\n— Киве векерулев вугев? Щибгӏаги ккараб жо? — йилан гьикъана дица гьудуласда.\n— Васасул цӏа-кан рагӏула… гьаб буго бищунго хӏинкъи бугеб ригь лъималазул… кӏвар кьечӏого тезе бегьулареб… цаби руго раккулел… кӏиго сон балев жо вуго…\n— Щиб баккулеб бугилая???\n— Цаби… Цаби руго васасул раккулел, — илан вуго Махӏач вихха-ххочиялъ хӏухьел гӏоларого. Бихьинчиха, магӏарулав, чӏарадисев… викингалила жал… гьединал жалгӏаги рицунарелани гьоркьо-гьоркьор…\n— Киназулго руго цабигӏусал… чӏужуялъул руго, лъималазул руго… рукӏине кколезул гьечӏо. Дур гьечӏо, гьадав гӏодор чӏараб бакӏалдаса кӏанцӏун вахъун тӏурун арасул гьечӏо, дов ралъдахъанго рокъове векерарасул гьечӏо. Гьеле гьел цабигӏусал гӏоларого буго тату хун, гьел рукӏаралани, хӏанчӏизе кӏолеб букӏарабани, гьедин рекерахъдизе кколароан нуж. Бихьиназул цаби-гӏусал гьечӏолъи буго нилъер заманалъул бищун кӏудияб масъала. Векере, рокъове виччачӏого хутӏизе гурин, пакъир, — илан пикру гьабуна дица, сунда речӏчӏилевали лъаларого, такси чӏезабулев вугев гьесухъги валагьун.\nБецӏаб паркалдаса рокъовехун валагьун вилълъана дун.\n— Хисараб куцха аб дунял… Нилъ киредай унел ругел, киредай щвела, щибдай бихьила, — ян пикрабазда….\nГьаб гьазул гӏамал-хасият шагьаралъул «культурничагӏазул» гӏамал-хасият батилаха, дида — бецӏав магӏаруласда – бичӏчӏуларого бугеб. Гьал «культурнийчагӏазда», руччабаз окультурить гьарурал чагӏаздаги, дов инсуца Белорусский вокзалалда къватӏире риччан тезехъин рукӏараздаги гьоркьоб кӏудияб батӏалъи буго. Доз инсуе гӏологи, Ватӏаналъе гӏологи, къадру цӏуниялъе гӏологи гӏумру кьезе буго. Гьал нилъер «цаби-гӏусал гьечӏез» сундухъ щибдай кьелеб?\nМухӏамад Бисавгӏалиев"}
{"slug": "20257-imamasul-insul-khob", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20257-imamasul-insul-khob", "title": "Имамасул инсул хоб", "date": "2022-09-30 06:47:31", "categories": ["rel"], "text": "Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагӏаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гӏемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хӏакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кӏудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцӏинабизеги кӏвечӏо.\nЦересел соназдаго гӏурус мацӏалда «Денгау-Магома» (Денгавмухӏамад) абун хъвараб цӏаралдаса босун, араб гӏасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул Мухӏамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тӏадбуссун гӏурус хъвай-хъвагӏаяздеги бахана ва хъвазе лъугьана «Мухамад сын Денги» абун. Гьедин гӏун вачӏана тарихалда вукӏинего вукӏинчӏев «имамасул кӏудияв эмен Денга(в)».\nКигӏан гӏемер такрар гьабуниги, я тарихчагӏазда, я тарих бокьулезда, я гӏадатиял гӏадамазда эхебе инчӏо вукӏинчӏин Шамил имамасул Денгавин абурав кӏудияв эменилан абураб хӏужа. Гьелъул гӏаксалда, тарих цӏи гьабиялъул жигарал «хӏаракатчагӏи» гъираялда тӏаделъана «Шамил имамасул кӏудияв эмен Денга(в)» жиде-жидер мухъ-ракьалдаса вукӏанин бихьизабизе. Хӏехьезе бегьулареб куцалда хӏабургъинабуна гьел хӏаракатчагӏаз имамасул тарихалъул тӏанчал. «Денгасул Мухӏамад» абун Шамилил инсул цӏар рехсеялъул «унти» щвечӏого хутӏичӏо имамасул ватӏанлъун кколеб Генуб росулъеги.\nШамил имамасул 200 сон тӏубаялъул тадбирал тӏоритӏулеб заманалда, 1997 соналда, цебе букӏараб, гендерил чӏегӏераб къанил гьабураб, гӏадатияб зани хисун буго росдал администрациялъул хӏаракаталдалъун. Некӏсияб зонода тӏад щибго хъвай-хъвагӏай букӏинчӏо. Лавашдерил хъахӏаб къанил гьабураб цӏияб зонода Шамилил инсул цӏар хъван букӏана «Денгасул Мухӏамад» абун. Гӏарабалъ хъвараб рахъалдайин абуни, «Мухӏаммад ибну Денгав» абунги хъван, гьеб жеги «мухӏкан» гьабун букӏана, «вас» абураб рагӏиги тӏаде жубан. Долдаса хадуб, кигӏан бицаниги, гӏемерал соназ хисизабичӏого хутӏун букӏана цӏияб зонода гьабураб мекъаб хъвай-хъвагӏай. Гьедин ана 25 сон ва гьебщинаб заманалда жаниб гьеб зоноцаги гуккана тарих цӏехон Генуре щварал гьалбалги жалго геналги.\nИсана, Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда гьаризесел тадбиразда гьоркьоб, нижеца хӏисабалде босун букӏана имамасул инсул хобалда тӏад битӏараб хъвайхъвагӏай бугеб къоно лъезе. Цӏияб зани гьабуна Сугъралъа Хӏамзалаев Хӏамзалас. Гьелъие хӏалтӏизабураб гамачӏги сугъулдерил кьурабалъа бахъараб буго. Гьеб ишалъе хӏажатал сурсатаздалъун кумек гьабуна Хӏажидадал Хӏажицаги, гьесул вас Расулицаги, вац Муртазагӏалицаги. Зани хисиялъе хӏалтӏи ва хӏажатаб квербакъи гьабуна Гӏабдулаев Мухӏамадсултаницаги, Гӏабдулаев Шамсудиницаги, Хӏамзатов Хӏамзатицаги, Жабрагӏилов Мухӏамадицаги, Гӏабдулаев Сайгидицаги Камилов Гъазимухӏамадицаги, Патахӏов Мухӏамадицаги, Шамилов Гӏабдулагьицаги. Гьел Шамил имамасул гӏагарлъиялъул чагӏи ккола.\nАхирисеб зонода хъвайхъвагӏай гьабун буго лъабго батӏияб мацӏалда: гӏараб, магӏарул ва гӏурус. Зонода рехсарал гӏадамазул мунагьал чуриялъе, гъоркь гӏаммаб дугӏаги хъван буго. Гӏага-шагарго бихьизабун буго имамасул эмен хвараб сонги. Палхӏасил, зонода гьанже буго гьадинаб магӏнаялъул хъвай-хъвагӏай: «Генуса Гӏалил вас Мухӏамад (Денгав), имам Шамилил эмен (…-1827/1828)». Гьеб хъвай-хъвагӏай босараб буго живго Шамил имамасул рагӏабаздаса. Гӏицӏго скобкабахъ бихьизабураб «Денгав» абураб тӏокӏцӏар (кӏиабилеб цӏар) буго биценазул ва цоги хъвайхъвагӏаязул кьучӏалда гьенибе тӏаде жубараб рагӏи.\nЯ инсул, я эбелалъул рахъалдасан Шамилил вукӏинчӏо Денгавин абурав кӏудияв эмен. Денгав букӏана имамасул инсуде росуцояз ахӏулеб цӏар. Жиндирго цӏарги (Мухӏамад) ахӏичӏого, гьесде тӏокӏцӏар (Денгав) ахӏиялъе гӏиллалъун Мухӏамадин абураб цого цӏар бугел гӏадамал росулъ гӏемерал рукӏин кколаанин батана умумулъан бачӏараб гендерил бицен. Доб заманалъул гьединал гӏадамазул щивасда хӏакъикъаталдаги тӏокӏцӏар букӏараблъи бихьизабулел хӏужаби дандчӏвала гендерил тарихалда. Масала, Гъазимухӏамад имамасул эмен Мухӏамадида гендерица «Гьидалав» абураб тӏокӏцӏар ахӏулеб букӏун буго. Тӏоцевесев имамасул хӏакъалъулъ тарихияб къиса хъварав гӏалимчи Генуса Хӏасаниласул асаралда жаниб цониги нухалъ дандчӏваларо имамасул инсул хӏакъикъияб цӏар хъвараб бакӏ, гьениб кибго буго «Гьидалав» абураб тӏокӏцӏар хӏалтӏизабун.\nШамилил инсул инсуда цӏар букӏана Гӏали. Гьеб цӏар кьун букӏана вукӏинесев имамасеги тӏоцебе. Хадуб, гьев унтидал, цӏар хисана Шамилгӏали абун, амма гьесда цӏияб цӏар рекӏинчӏо, къокъго, гендерица ахӏизе лъугьараб куцалъ гурони, ай Гӏалиги тӏаде жубачӏого. Гьеб цӏаралда гъоркь щвана Гӏалил Мухӏамадил (Денгасул) васасе машгьурлъи. Гьеб цӏияб цӏаралда гъоркь хутӏана гьев тарихалдаги.\nШамил имамасул кӏудияв эмен Гӏалиги гьесул васалги рукӏана гӏалимзаби. Денгасул (Гӏалил Мухӏамадил) хӏакъалъулъ нилъеда хъван батула гьев вукӏанин къебед, цӏцӏанавехь ва гь.ц. Вукӏанин абула Мухӏамад батӏибатӏиял махщелал кодосев чи, амма Генуса узденчи хӏисабалда гьев, тӏоцебесеб иргаялда, ахихъанлъун вукӏана. Гьеб хӏужаялда тарихчагӏаз тӏадчӏей гьабичӏого хутӏун буго, амма доб заманалъул далилал руго гьесулги гьесул умумузулги лъикӏал ахал рукӏинги, цоги ракьазул бетӏергьабилъун гьел рукӏинги, пихъ бичизе гьел хьвадиги, пихъилгун цӏолбол ракъварал нигӏматал, гьоцӏо, чагъир ва цогидабги гьез гьабулеб букӏинги бихьизабулел. Жеги руго Генуб росулъ Шамилил умумузул рукӏаралин абулел ахалги, генул гъутӏбиги, цогидал бакӏалги.\nАхихъанлъиялда хадусеб иргаялда вукӏана Шамилил эмен гӏалимлъунги, къебедлъунги ва цоги махщелазул чилъунги. Гьел баянал цоги тарихчагӏазги гӏемер рехсола. Гьаниб рехсон тела Денгас бищун ахиралда гьабизе лъугьараб ишлъун гьабигьанлъи букӏинги. Аваргӏурул рагӏалда букӏана гьезие вакьад Пирбудагъидасан ирсалъе хутӏараб ва хадуб «Денгасул гьобо» абун гендерица рехсезе лъугьараб Имамасул инсул хоб Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагӏаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гӏемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хӏакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кӏудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцӏинабизеги кӏвечӏо. Цересел соназдаго гӏурус мацӏалда «Денгау-Магома» (Денгавмухӏамад) абун хъвараб цӏаралдаса босун, араб гӏасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул Мухӏамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тӏадбуссун гӏурус хъвай-хъвагӏаяздеги бахана ва хъвазе лъугьана «Мухамад сын Денги» абун. Гьедин гӏун вачӏана тарихалда вукӏинего вукӏинчӏев «имамасул кӏудияв эмен Денга(в)». Шамил имамасул 200 сон тӏубаялъул тадбирал тӏоритӏулеб заманалда, цебе букӏараб, гендерил чӏегӏераб къанил гьабураб, гӏадатияб зани хисун буго. Некӏсияб зонода тӏад щибго хъвай-хъвагӏай букӏинчӏо. 13 №39, рузман 2022 с. 30 сентябрь Тарихиял хӏужаби гьобо. Гьеб жиндир заманалда машгьураб гьобо 40-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе абадиялъего ана Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏорил тӏинде.\nЦо-цо авторазги гьез хъваралъул асаралда гъоркь гаргадулел гӏадамазги Шамилил эмен вихьизавула гьекъолдухъан вукӏарав гӏадин ва гьекъон, мехтун, гъалмагъир бекьулев вукӏин гуреб иш гьесул букӏинчӏеб гӏадин. Кинабха букӏараб хӏакъикъат? Тӏоцебе абуни, Мухӏамад (Денгав) вукӏана гӏалимчи, мажгиталда какалги ралев, лъималги цӏализарулев. Кидаго гьекъон-мехтун вукӏунев чи гьединавлъун вукӏине рес гьечӏо. Кӏиабизе, доб заманалда цӏолбол ахаздалъун бечедал хьиндалазда гьоркьоб цӏолбол чагъир гьекъей гӏадатияб ишлъун букӏана. Къанагӏатаб лъугьа-бахъинлъун кколароан гӏалимзабаз чагъир гьекъейги. Мисалалъе рехсезе бегьила Гьаракӏуниса Сагӏид, амма гьесда, кӏудияв гӏалимин гурони, гьекъолдухъанин лъицаго абуларо. Лъабабизе, Шамилил эмен гьекъолев вукӏанин рикӏкӏине бегьулеб заманги цӏакъ дагьаб букӏана. Гьес гьекъеялъул бицен баккараб заман ккола Шамилица тӏадчӏун гӏелму тӏалаб гьабизе лъугьараб мех. Балугълъиялде вас вахаравго тун буго гьес шаргӏалда рекъолареб гьеб пиша. Цинги хвезегӏан, 15-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ, бацӏцӏадаб шаригӏаталда хьвадулев гӏалимлъунги хутӏана.\nЩайха Гъазимухӏамад имамасул эмен Гьидалавги Шамил имамасул эмен Денгавги гьекъолел чагӏи рукӏанин бицунеб батараб? Щайгурого, дагьабгицин гьезул гьекъел васазе бегьулареб букӏун. Рукӏинесел имамзабаз, жеги мутагӏилзабилъун ругеб мехалдаго, байбихьун букӏана гьекъел-мехтелалде данде рагъ. Гъазимухӏамадиеги Шамилиеги къабуллъуларого букӏана гьезулги гьекъел. Гьелда данде къеркьейги гьез жиде-жидер рокъосан байбихьун букӏана. Гӏицӏго цоги гьекъолезе мисаллъун букӏиналъе тӏибитӏизабураблъун бихьизе ккола нилъеда Денгасул гӏумруялдаса гьеб рахъалда тӏадчӏей гьаби.\nМухӏамаднаби Ибрагьимов.\n(Гьеб киналъулгоги ва цоги, тарихалда жанир жеги рукӏалиде ккечӏого хутӏун ругел цо-цо рахъазул хӏакъалъулъги гӏемерал пайдаял ва цӏиял баянал цӏализе бегьула кватӏичӏого басмаялда бахъизе бугеб М.-Н. Ибрагьимовасул «Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток её фальсификации» абураб тӏехьалдаса)."}
{"slug": "20472-magiarulal-godekianir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20472-magiarulal-godekianir", "title": "Магӏарулал годекӏанир", "date": "2022-10-15 17:00:05", "categories": ["magiarukh"], "text": "Журналист Мухӏамад Расуловас данде гьабураб «Магӏарулал годекӏанир» абураб тӏехьалдаса.\n** *\nКортас «Жигули» босанила. Гьебги бачун шагьар сверулев вукӏанила. Рокъове вуссинегӏан гьесул машинаялъул цояб хьибилалда живго гӏадав жигуличияс машина «къочизабунила». Нахъисеб къоялъ цогияс цояб рахъги гьелдаго релълъинабунила. Гьедин щибаб къоялъ цо-цониги гӏуж машинаялдаса камун Кортав къавулъе вуссунароанила. Гьеб хӏисабалда анила лъикӏаланго заман.\n— Гьадинаб чухӏ-чухӏараб машинаялда шагьаралде вахъинегӏагийищ нечоларев, кидагӏаги дуца гьалъул куц-мухъ бачӏинабизе бугеб? — ан гьикъун буго цояс.\nКортасги жаваб гьабун буго:\n— Гьаб тункулелги гьалда тункулелги машинаби лъугӏараб мехалда цойидасанго къачӏазе тун буго!\n** *\nЦо къоялъ бакъалда гӏодов чӏарав Кортасда тӏаде вачӏун вуго, квартӏа-хъалахъгун, жидерго росулъа цо шофер.\n— Квартӏа-хъалахъгун щиб гьабизехъин вугев? — ан цӏехон буго Кортас.\n— Херал чагӏи рухӏизе кор гьабизе унев вуго, — ян жаваб кьун буго гьес.\nГьеб рекӏее гӏечӏев Кортасги щибго ургъичӏого абун буго:\n— Корокье цӏатаридае шоферзаби рехизеги кӏочон тоге абун лъазабун теха гӏадамазда.\n** *\nАскӏов рекӏарав Кортасда шоферас лъазабун буго дуца кваранаб рахъалдасан машина бачӏунеб мехалда жинда лъазабейилан. Цо сверудасан Кортав рекӏараб рахъалдасан бачӏун машинаялда автобус кьабун буго. Шофер жиндихъго квеш валагьидал, Кортас абун буго:\n— Гьаб автобус буго, дуцайин абуни дида машина бачӏунеб мехалда лъазабеян абун букӏана, — ян.\n** *\n— Гьай машааллагь, — ан абун буго Кортас, гьекъон рачӏиндал, лъудбузул зартлъиялъул бицунеб цо компаниялда, къватӏиб гьекъараб гӏаракъиялъул кьогӏлъи рокъов щвезегӏан лъалеб букӏарабани, гьеб гьекъезе лъилго хиял лъелароан. Чӏалукь хӏуби гӏадин рукъ бакьулъ чӏарай чӏужуялъе кьезе ккола хӏисаб – Аллагьасе рецц, хъван кьезе ккунгутӏигӏаги.\nБицине ккола: щай кватӏарав, кив вукӏарав, щивгун гьекъарав, лъил гьекъараб? Кигӏан гьекъарабали, щукру Тӏадегӏанасе, бицине кколаро – грамм гьекъон букӏаниги, литр рехун бугониги, министргун гьекъон ватаниги, махӏ чӏваралдаса, сурав цого буго. Талихӏ – тамихӏ тамахаб букӏуна… дирго гӏарцухъ гьекъон ватичӏониха…"}
{"slug": "20475-avar-teatralda-akhiulgokhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20475-avar-teatralda-akhiulgokhi", "title": "Авар театралда «Ахӏулгохӏ»", "date": "2022-10-15 18:57:57", "categories": ["rel"], "text": "1969 соналъул багӏарараб риидалил сордо. Авар театралъул бицинегӏан кӏудияб гьечӏеб сцена. Гьеб август моцӏалъул сардаз сверун букӏана 130 соналъ цебе букӏараб гӏешдерил Щулалъул гохӏалде.\nЛъукъ-лъукъарал, ракъуца хварал ва къечалъ рухӏарал гӏисинал лъималги каранде къан, руччабаз, гъазаваталда накълулъарал шагьидзабазул жаназабазде тӏадеги къулун, бихъбихъараб ратӏлилъ, бидаги рецӏцӏулаго муридзабаз бачунеб букӏана зикру. Гӏажаибго борхатаб ва кьварараб букӏиналъищали, Шамилил гьаракь батӏа бахъизе лъалеб букӏана зикру бачунезда гъорлъан.\nЗалалъул сценаялда чӏаго гьабураб, ракӏ гъанцӏулеб Ахӏулгохӏил суратги, рес къотӏарав имамас гъоркьлъалие кьолев вас Жамалудинги, гьесда хадуй инагьдулей, бадиб магӏу бакъварай, гьаракь къурай эбелги, тушманасухъе щвечӏого букӏине цӏакъго жиндие хирияб, щибго гӏайиб гьечӏеб, чӏурканаб, киназего бокьулеб чу чӏвазе витӏулев Салихӏги, чорхол хӏал загӏиплъарал, амма къохӏехьеялъул гӏурхъи гьечӏел шагьидзабаз бачунеб «Лаиллагь илаллагьги». Гьеб бихьарал театралъухъ балагьизе рачӏарал магӏарулазда магӏу кквезе кӏолеб букӏинчӏо.\nБайбихьуда бихьиназ квербацӏцӏаз, руччабаз кӏазил гӏинщаз бацӏцӏунеб букӏана магӏу, магӏу бацӏцӏун гьеб хутӏичӏо, гӏодун ругьунлъичӏел бихьиназул цо кинабалиго, къватӏиб загьираб хъумхъуди рагӏулеб букӏана руччабазул магӏил гьаркьида гъорлъан.\nШколазда риидалил каникулазул заманги букӏун, Ахӏул- гохӏил хабар рагӏарав гӏемерав чи вакӏарана Авар театралде. Гьел киналго гӏащикълъун рукӏана Шамилихъги ралагьизе, Ахӏулгохӏги бихьизе, бачунеб зикруялъухъги гӏенеккизе.\nРукӏинарелги кинха, чи хваралъуб кверал цере кквезе коммунистал хӏинкъараб, мавлидал ахӏизе гьукъараб, цӏалудаса эркенаб заманалда, Къуръан гӏисинал лъималазда малъунин абун, хабалъе бох бортарал кӏудадаби туснахъ гьарун жанир тӏамулеб, рамазан моцӏалъ цӏалдохъабазда мугӏалимзабаз, дарс байбихьилалде, лъимги гьекъезе кьун кӏал биччазабулеб, ригьин-цӏа гӏолохъабаз комсомолазул вечерги гьабун тӏобитӏулеб, мегеж тезе беццичӏеб, гьекъо- леб жа бочкабаз бичулеб, дунялалдаго кӏудияб улкаялда инсанасул эмен маймалак бугин школазда малъулеб, Аллагь гьечӏин чӏезабураб заманалда. Магӏарулазул театралда Ахӏулгохӏ лъей букӏана Шамил имамас цӏидасан гъазават лъазаби гӏадаб, Дагъистаналъул тарихалда жаниб гуребги, театралияб исскуствоялда жанибги божизе захӏматаб лъугьа-бахъин.\nАнлъго нухалъ бихьизабуна Авар театралда «Ахӏулгохӏ» пьеса, амма анкьабилеб нухалъ гьеб гьукъана, ва жакъа къоялде щвезегӏан тӏокӏаб бихьизеги гьабичӏо.\nДагъистаналъул хӏукумат хӏинкъана «Ахӏулгохӏалъ» магӏарулазе гьабураб асаралдаса.\nРачӏаха лъаларезда лъазе букӏинеги, лъалезда ракӏалде щвезабизеги лъица ва кин «Ахӏулгохӏ» пьеса театралда лъурабали. Гьеб хъвана краевед Булач Хӏажиевас гӏурус мацӏалда.\n«Ахӏулгохӏ» магӏарул мацӏалде буссинабуна машгьурав хъвадарухъан Мухӏамад Сули- мановас.\nШамилимамасулрольхӏана Чӏохъа Гӏарипула Махаевас. Гӏурус солдатазул роль хӏазе, унеб харжалъухъ балагьичӏого, вачана шагьаралда вукӏарав 60 солдат, щивасе цо-цо къоялъ 3 гъурущги кьун. Гьеб букӏана кӏудияб харж, щивасе хас гьабун букъараб хасаб ретӏел малъичӏого.\nТеатралъул сцена Ахӏулгохӏалъул мажгиталде сверизабун релълъинабун букӏана декора- циялда тӏад хӏалтӏарав художник, гӏурусав Давыд Давыдовас.\nХалатаб зикруялъеги цоги хутӏаралъеги бакъан хъван букӏана цӏар рагӏарав Дагъистаналъул композитор Ширвани Чалаевас. Гьеб куцалда бачунеб «Лаиллагьа илаллагь» рагӏарав бусурбанчиясе гьелъ кӏудияб асар гьабулаан, амма гьабсагӏаталдаги гьеб зикру кибниги къватӏибе кьун гьечӏо, бегьилаан гьединаб рес бугес жакъасеб гӏелалда рагӏизеги, кӏудияб гӏелалда ракӏалде щвезеги къватӏибе кьуни, интернеталъул ресалдаса мунпагӏатги босун.\nЖидедего гӏайиб гӏунтӏизабиялда хӏинкъараб КПССалъул Обкомалъ (обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏана М-С. Гӏумаханов) гьеб лъугьа-бахъиналъул ахиралда цо кьарияб тӏанкӏги лъуна, «Ахӏулгохӏалъ» магӏарулазе гьабураб асар гӏодоцинабизе.\nЩугогӏан сагӏаталъ халат бахъараб партиялъул бюроялда «Ахӏулгохӏ» пьеса рикӏкӏана тушманаблъун, чӏегӏераблъун, гӏорхъолъа ун заралияблъун…\nГьелдаги иш лъугӏичӏо — Шамил рикӏкӏана пачаясул зулмуялдаса ватӏан цӏунун гурев, гӏурус халкъалде данде вагъулев вукӏарав имамлъун ва музеялда рукӏаралщинал Шамил имамасулги муридзабазулги сураталцин нахъе рахъана ва рахчана.\nВатана, тӏатана гьеб киналъего гӏайибиявги Дагъистаналъул культураялъул министр, коммунист, цо чанго соналъ цеве КПССалъул об- комалъул вукӏарав секретарь, Хунзахъ районалъул Сивухъа Мухӏамадов Дибир.\nХӏасилул калам, партиялъул судалъул хӏукмуялдалъун, эркен гьавуна Дибир ми- нистрасул хъулухъалдасаги ва зулмуялдалъун бахъана магӏарулазухъа кӏиабилеб нухалъги «Ахӏулгохӏ».\nАмма гьелдалъун лъугӏичӏо Дагъистанги Россияги бокьулев, баракатги чорхолъ загьирго камилав, хӏалихьалъиялда цебе бетӏер къуличӏев, къвакӏарав магӏаруласул гӏумрудул нух…\nГьанже киназдаго лъала Ахӏулгохӏалъул, дагъистаниязул ва чачаназул гьитӏинаб хӏежлъун лъугьараб гӏешдерил Щулалъул гохӏалъул къиса. Къанагӏатги жинда релълъараб цоги мисал гьечӏеб бахӏарчилъи магӏарулаз бихьизабураб гьеб тӏабигӏияб хъала лъабго моцӏалъ цӏунана магӏарулаз Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь тӏаса рищарал аскаразул гьужумаздаса.\nМагӏарул театралъул коллектив хӏаталдаса ун чӏухӏараб ва гьезул щивас гӏорхъи гьечӏеб ро- халидалъун ракӏалдещвезабулеб лъугьа-бахъинлъун букӏана Ахӏулгохӏалъул ракӏалдещвей цӏилъизабизе, тӏоцебе хӏалбихьи гьабизе щвеялдаса.\nГьелъ магӏарул искусствоялъул тарихалда тана кӏочонареб лъалкӏ."}
{"slug": "20479-barkula-mugialim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20479-barkula-mugialim", "title": "Баркула, мугӏалим!", "date": "2022-10-16 16:05:45", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Щив кколев мугӏалим? Гьев вуго букӏинеселъе кьучӏ лъолев чи. Гьесда цере цӏалулел лъимал руго нилъер букӏинесеб! Пикру гьабуни, мугӏалимасулалдаса кӏвар бугеб хӏалтӏи лъилго гьечӏо. Мугӏалимас жинда цере цӏалулел лъималазе кьураб лъаялдаги тарбиялдаги бараб буго дунялалъул букӏинесебги инсанияталъул къисматги. Лъидаха гьеб бичӏчӏулеб бугеб? Пачалихъалъ мугӏалимасул гьабулеб къиматалъухъ балагьани, гьеб бичӏчӏулев чи къанагӏат гурони гьечӏо. Гьеле гьеб буго гьаб дунялалда квешлъиги, тӏекълъиги, гӏантлъиги, хӏалихьалъиги, вахӏшилъиги, хъантӏиги гӏемерлъиялъе гӏилла.\nБищун цебе босани, мугӏалим лъималаздеги дарсаздеги регӏичӏого вукӏине, ургъун руго гьесие гӏемерал тӏадкъаял. Мугӏалимасе дарс кьезе шартӏал чӏезаризе тарал, гьесул кумекчагӏилъун рукӏине кколел завучал, директорзаби, методистал, инспекторал, консультантал лъугьун руго гьезул зулмучагӏилъун, кумекалъул бакӏалда, квалквал гьабулел чагӏилъун. Гьезул тӏадкъаяздаса хадуб, аслияб ишалъе мугӏалимасул я заман, я рухӏ, я сахлъи хутӏуларо. Гьабсагӏаталда лъай кьеялъул идарабазда бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьани, мугӏалим дарсаздеги лъималаздеги регӏизе виччангутӏи бугин аслияб мурадилан кколеб буго.\nЛъил мурад гьеб? Лъаларо! Амма хьул буго. Дунялалдаги пачалихъалдаги лъугьунел ругел лъугьа-бахъиназухъ балагьун, хьул буго Совет улкаялда букӏараб ва гьеб биххун хадуб жакъа къоялде щвезегӏан бугеб лъай кьеялъул системабиги дандеккун, кӏиялъулго лъикӏал рахъал росун, квешал тун, жакъа щиб гьабилебалиги лъалеб, гьелъ хадур кинаб хӏасилалде рачинелалиги бичӏчӏулеб, мурадги якъинаб лъай кьеялъул гӏуцӏиялде нилъ рачӏинилан. Рачӏинчӏони,жакъа гӏадин лъай ва тарбия кьеялъул ишги унеб бугони, гьелъ лъикӏалде рачунаро.\nШколалъ лъималазе тарбия кьезе кколарин ахӏделаго анцӏ-анцӏ сонал индал, гьанже бичӏчӏун буго тӏадчагӏазда лъималазе школалда тарбия кьезе кколеблъи. Гьанжелъагӏан лъица кьезе доб тун букӏараб? Эбел-инсуда лъимал кида рихьулел? Кӏудиял эбел-эменгицин лъималазде регӏунищ ругел? Чан чиясул йигей, лъималазда лъикӏаб-квешабги малъун, рукъалъул тӏалабги гьабун рокъой йикӏине рес бугей кӏодоэбел? Хасго шагьаразда.\nТарбия кьеялда цадахъго, Дагъистаналдаса тӏагӏинабуна «миллияб школа», ай цо мацӏалда кӏалъалел районазда байбихьул классазда рахьдал мацӏазда дарсал кьей. Лъица, щай, сундуе гӏолойилан хъвазе байбихьани, жакъа рагӏа-ракьан батиялда щаклъи бугелъул, гьел суалал хадуселде тела. Киназдаго бичӏчӏулеб жо буго, гьелдаса нахъе росабалъгицин рахьдал мацӏ лъалел лъимал дагьлъараллъи ва гьединаб ахӏвал-хӏал къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб букӏин. Миллияб мацӏ лъаларел лъималазда тарихищ лъалеб, гьезие маданиятищ бокьулеб, адабиятищ цӏалулеб, цӏалун гьебищ бичӏчӏулеб? Жидерго кьалбаздаса тӏураб, гӏолохъанаб гӏелалъе, щибги кьочӏое босун, нилъеца тарбия кьезе бугеб? Тарбиялъул кӏвар бичӏчӏарал чагӏазда, тарбия кьезе аслияллъун кколел Дагъистаналъул рахьдал мацӏазул, адабияталъул, маданияталъул ва тарихалъул дарсазул кӏварги бичӏчӏизе ккеларищ?! Кинаб бакӏалдаха нилъер школазда гьал предметазул дарсал ругел?!\nНилъее хутӏараб жо буго хьул. Хьул буго гьаб рагъул-кьалул балагь хехго тӏаса инилан, нилъер васал сах-саламатго тӏадруссинилан. Хьул буго нилъер пачалихъ берцинаб гӏумруялда цебетӏолеб букӏинилан. Хьул буго, цере риччарал гъалатӏалги хӏисабалде росун, лъай ва тарбия кьеялъул хӏалтӏи школазда лъикӏ гьабилин, жидер миллаталъул мацӏги, тарихги, маданиятгун адабиятги лъаларел лъимал нилъер гӏемер рукӏинарилан. Хьул буго магӏарул мацӏалда хъвадарухъабаз, шагӏирзабаз, гӏалимзабаз нахъе тараб рухӏияб бечелъиялдаса пайда босилин, гьелъул кьучӏалда кьелин тарбия гӏун бачӏунеб гӏелалъейилан. Хьул буго пачалихъалъул бутӏрузда бичӏчӏилин пачалихъалда аслиял чагӏи мугӏалимзабиги гьезда цере цӏалулел лъималги рукӏин ва гьеб бакӏалдасан гъалатӏ битӏизабизе лъугьинилан!\nМугӏалим, цӏалдохъан ва цӏалул тӏехь! Гьеле гьезда сверун кьурдилеб, гьезие хӏалае чӏун букӏине ккола лъай кьеялъул системаго. Гьеб буго кьучӏ! Лъикӏав тохтур вахъинеги, лъикӏав инженер вахъинеги, лъикӏав космонавт вахъинеги, лъикӏав агроном вахъинеги, лъикӏав министр вахъинеги, лъикӏав чи вахъинеги къваригӏуна лъикӏав МУГӏАЛИМ! Чӏахъаги мугӏалимзаби щибаб къоялъ, щибаб лахӏзаталъ! Цӏалдохъабазул баркалабаз, тӏадчагӏазул тӏалабаз, пачалихъалъул харжаз кӏодо гьареги, кӏудияб сабруги сахлъиги кьеги!\nГьалгощинал рагӏабаздалъун абизе бокьун букӏана: «Баркула, МУГӏАЛИМ, дуда мугӏалимасул къо!» — йилан."}
{"slug": "20490-zakhimatal-l-adararaj-rosdal-yas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20490-zakhimatal-l-adararaj-rosdal-yas", "title": "Захӏматалъ лъадарарай росдал яс", "date": "2022-10-17 11:07:34", "categories": ["magiarukh"], "text": "15 октябралда кӏодо гьабула росулъа руччабазул Халкъазда гьоркьосеб къо. Хурзал ракул цӏуни, цагърал богӏол цӏолин абулаан умумуз. Чӏужугӏаданалъул гӏетӏ тӏинкӏичӏони, чӏорого хутӏила гьел. Гьанже хурзал чӏахӏил, цагърал химикатазул ва къватӏисел пачалихъазул нигӏматазул цӏун ругин абуни, дагӏба балев чи нагагьги ккеларо. Гӏолилаз гӏака хьихьулеб гӏадат тун буго, гӏемерисел бокьалги чӏунтулел руго. Рахьдал ва нахул къучӏби ричун росизе ресги букӏаго, захӏматаб хӏалтӏи щайха гьезие тӏаде босун? Амма камун гьечӏо мисалалъе рехсезе мустахӏикъаб яшав гӏуцӏарал ясалги.\nХӏалтӏи батарасда боцӏиги батулеб\nКъучӏбузухъе, шушбузухъе тӏун бичулеб, лъабго моцӏалъги цӏекӏлъулареб, химия гъорлъ жубараб «рахьалдаса» инкар гьабулел руччаби дагьал гьечӏо. Гьединазда лъикӏ лъала, захӏмат бихьун гьабураб букӏаниги, нилъерго тӏабигӏаталда гӏезабураб нигӏматалъул пайдагун къимат. Жамгӏиял гьиназда 57000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи валагьула Гӏайшат Мухтаровалъ боцӏи хьихьулеб, хур бекьулеб, ай гӏадатияй магӏарулалъ магӏишат гьабулеб къагӏидаялъухъ. Аӏshat_blog абураб цӏаралда гъоркь рагьараб жиндирго гьумералда гьелъ бихьизабулеб буго росдал ва хъутаналъул гӏадатияб гӏумру. Шагьаралда гӏурал, рикӏкӏадаса гурони гӏакабече бихьичӏел ясазеги росулъа шагьаралде гочарал, лъимерлъи хур-ахазда арал руччабазеги цӏакъ интерес буго Гӏайшатица шавкъалда гьабулеб яшав бихьизе.\nГӏолиллъиялъул тӏагӏам босизе ресго щвечӏей\nЦудунго росасе кьурай Гӏайшатил тӏоцебесеб ригьин битӏичӏо. Ятӏалъун хадуб, ункъо сон барав васгун, гьей цӏидасан росасе ана. Батӏияб районалдаса, цингӏаги вихьичӏев чиясе унелъул, Гӏайшатица жиндирго къисмат Аллагьасухъе кьуна. Эбелги хун, инсул цӏобалда хутӏараб кӏиго лъимер бугин Багьавудинил абун бицун букӏана гьелда гьалмагъзабаз вукӏинесев росасул хӏакъалъулъ. Сураталда гурони гьел цоцадаги рихьунги рукӏинчӏо. Гӏайшат ккола Лъаратӏа районалдаса. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьей Терек хъутаналда гӏумру гьабун йикӏана. Гьелъул рос, Чӏарада районалъул Гӏириб росулъа Гӏусманов Багьавудин, Кочубеялда колхозалъул гӏияда вехьлъун хӏалтӏулев вуго. Гӏайшат хъизамалда бищунго кӏудияй йикӏиналъ, хъизамалъулго ургъелги хӏалтӏиги гьелъул гъуждузде бегана. Эбел унтун йикӏиналъ гӏемераб магӏишат гьабизе рес букӏинчӏо, амма бечӏчӏулеб кӏиголъабго гӏака\nкамун рукӏунароан. Больницаялде эбелги ккун, вацяцалда хадуб хъулухъ гьабизе чи вукӏинчӏолъиялъ, анлъго класс лъугӏун хадуй цӏализеги инчӏо гьей. Эмен республика тун къватӏив хӏалтӏулев вукӏиналъ лъималазда аскӏов гӏемер вукӏунароан. Хадув эменги хун, эбелги унтун, вацгун яцалъе эбеллъиги эменлъиги гьабизе ккана гьелъ. Гӏайшат гӏемер ине ккана бетӏербахъиялъе Краснодаралде, Ростовалде ва цогидал шагьаразде картошка, пер, хъарпуз бекьулел авлахъазда хӏалтӏизе.\nБайбихьудасаго Багьавудинил лъимал Гӏайшатиде ругьунлъана, эбелин абуна. Багьавудиние цоги васги гьавуна Гӏайшатица. Гьанже талихӏал эбел-эменгун, талихӏаб хъизамалда ункъо вас гӏолев вуго. Гӏайшатилги эмен гьитӏинго хваралъул, гьелда цӏакъ лъикӏ бичӏчӏана лъималазул рекӏел хӏал. Гӏайшатица жийго талихӏай эбеллъун ва лъадилъун рикӏкӏуна. Ва гьеб талихӏ жеги гьарзалъилин, росгун цадахъ хӏежалде ине бугеб анищ тӏубаниян абула гьелъ.\nХӏалтӏи гьечӏони, тӏегьлъун ечӏала\nБлогерлъиялде, ай жиндирго гӏумру социалияб гьиналдаса гӏадамазда бихьизабизе, жиндаго лъалел пайдаял жал цогидаздаги рихьизаризе Гӏайшатица гъоркьиса байбихьана.\n«Кочубеялда ракъдаллъи букӏана, гӏемерисел боцӏиги бачун мугӏрузде яги цогидал хъутабазде унел рукӏана. Дунги ана боцӏиги бачун эбелалда аскӏое, бетӏергьанчийин абуни магӏарухъе ана гӏиги бачун. 10-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏакаги, гьединго оцалги хьихьула дица. Гьениб дицаго боцӏи хьихьулаго бахъараб кӏиголъабго видео лъун букӏана. Гӏемерисезе цӏакъ интерес ккана гьелъул. Дие кидаго бокьулаан видео, суратал рахъизе, гьел гьудул-гьалмагъзабазухъе ритӏизе. Дица рахъулел видеоязухъ гӏемерал гӏадамалги ралагьилин, гьелъул кумекалдалъун гӏарацги щвелин абураб пикруцин букӏинчӏо. Росдал гӏумруялъухъ ралагьизе цӏакъ бокьулеб буго гӏадамазе. Гӏемерал сообщениял хъван рачӏуна. Азарго чиясда гьоркьоса цо-кӏигояз цӏехола дуца гьединаб захӏматаб, бихьиназул хӏалтӏи щай гьабулебин, росас щай гьабуларебин абун. Чанго нухалда бицунги букӏана дица гьезда, рос\nги хӏалхьиялда тун гьабулеб гьечӏин дица гьеб хӏалтӏиян. Дир рос ккола вехь, гьеб цӏакъ захӏматаб хӏалтӏи буго. Цӏадакьги, гӏазукьги, лъелгоги гӏияда вукӏаго, гьесда гӏезегӏан гӏакъуба бихьула. Россиялъул телевидениялдаса рачӏун, передачагицин бахъун букӏана гьезул хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\nЦо-цояз цӏехола шагьаралда гӏумру гьабизе бокьиларищан. Лъималазе букӏинеян абун шагьаралда мина бан буго нижеца. Гьениб гӏумру гьабизе бокьилин ракӏалдего кколаро. Цоги бакӏалде гӏумру гьабизе гочине ккани, дун росулъего ина. Боцӏи-панз хьихьизеги хур-хералъул хӏалтӏи гьабизеги бокьула, гьеб гьечӏого чӏезеги кӏоларо. Шагьаралде яхъани, ракъдаллъуда тӏегь гӏадин, ечӏалин дунилан ккола ракӏалде. Интернеталдасан дирго хӏалтӏи бихьизабулеблъи росасдаги лъала. Дица рахъарал видеоязухъги валагьула гьев. Дица щибгӏаги бегьулареб жо гьабулеб гьечӏелъул, гьес дир блогерлъиги гьукъуларо. Хӏатта блогалъул кумекалдалъун, реклама лъуралъухъ дагьа-макъал гъурщалги\nщола дие», - ян бицана ракӏги рагьарай, яшавги берцинай Гӏайшатица."}
{"slug": "20516-kherekhderil-khalk-iyab-l-im", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20516-kherekhderil-khalk-iyab-l-im", "title": "Херехьдерил халкъияб лъим", "date": "2022-10-18 16:02:15", "categories": ["magiarukh"], "text": "Жакъа Дагъистаналда церечӏарал аслиял масъалабазул цояб ккола гӏадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие хӏалтӏулел пачалихъиял программабиги риччалел сурсаталги.\nАмма гӏемерисеб мехалда лъел иш рагӏалде бахъуна жамагӏатазул кумекалдалъун. Хунзахъ районалдаги захӏматаб масъалалъун буго лъел суал.\n2020 соналъул январь моцӏалда цӏоройги ккун, росулъе бачӏунеб рогӏороги бихъун, лъабго моцӏалдасаги цӏикӏкӏараб заманалъ лъимги гьечӏого хутӏун букӏана росдал жамагӏат. Гьеб заманалда «САХ Благоустройство» абураб гӏуцӏиялъ баччулеб букӏана росулъе лъим. Амма 1000-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб росдае гьедин баччараб лъим гӏелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватӏиса баччизе ккун буго гӏадамаз лъим.\n2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукӏана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагӏаталъул вакилзабаз абулеб букӏана жидее лъимги токги хӏажат бугилан. Гьелдаса нахъе ункъо сон аниги, росдал жамагӏат хутӏун буго лъехъ гӏащикълъун. Жидер мурад тӏубазе пачалихъалдасан гьечӏеб кумекги бихьун, херехьдерица хӏукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цӏияб лъел мухъ бачине. Мочӏохъа гъоркье, кьураби-парсахъан гьеб бачине ният букӏана умумузулго. Нилъерго бераздалъун бихьараб гӏадаб жо букӏунарелъул, гьал къоязда ниж щвана лъим бачунеб бакӏалде. 100 метр халалъуда ругел рогӏрал рахънир лъезе нияталда ратана росдал гӏолохъаби. Жамагӏатчи Мухӏамадов Мухӏамадица бицана лъим бачунаго бугеб захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ. Хӏакъикъаталдаги хӏалтӏизеяли киб гурин, хьвадизецин хӏинкъи бугеб бакӏалдасан лъун руго лъел рогӏрал. Кьурулъан лъун буго гӏолохъабаз «Сиратӏалъул кьо» абун цӏар тараб маххул арматурабазул гьабураб нух. Гьеб гьабураб гӏарадерил гӏолохъабазул бахӏарчилъиялъеги ниж мукӏурал руго. Исана риидал байбихьанин хӏалтӏабиян бицана Мухӏамадица. Лъел мухъалъул гӏаммаб халалъи буго 10,4 километр. Жакъа къоялде гьелъул бащдалдаса цӏикӏкӏун манзилалда рогӏрал ракьулъ лъун руго. Гӏемерисеб бакӏалдасан рахъ бахъизе ккун буго газа-белалдалъун. Цо-цо цӏакъго къвакӏараб хъиру бугеб бакӏалда перфораторги хӏалтӏизабула. Жеги лъабгогӏан километралъул манзилалда рахъ бахъизе ккола. Лъим бачунеб буго 90 см. диаметралъул рогӏралги лъун. Гьединаб рогӏороялъул цо метрадул багьа буго 495 гъурущ. Росдал гӏолохъабаз гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго гьениб. Хӏатта, щибаб гӏодобкъоялъ росу тун къватӏир ругелцин рачӏунел руго гӏаммаб субботникалда хӏалтӏизе. Лъим бачун бахъиндал, лъел суал тӏубазе ракӏалда бугин абуна нижеда хӏалтӏухъабаз. Гьединго гьез баркала кьуна лъел мухъ бачиналъулъ гӏарцудалъун бугониги, жидерго къуваталдалъун бугониги гӏахьаллъи гьабулел росдал патриотазе, лъикӏал мадугьалзаби — мачӏхъадерие ва гӏарадерие, цогидалги сахаватчагӏазе.\nЛъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго росдал школа лъугӏарал цӏалдохъабаз жидерго цӏаралдасан гьеб хӏалтӏуе бакӏарун гӏарац кьолеб букӏинги.\nМисалалъе, 2005 соналъ школа лъугӏараз босун буго 200 метр рогӏразул. Гьездаса мисалги босун, халкъияб лъел мухъ бачиналъулъ жидерго бутӏаби лъун\nбуго цогидал выпускниказги.\nГьелъги нугӏлъи гьабула херехьдерил гъункараб жамагӏат букӏиналъе. Исламияб диналда цӏакъго кири кӏудияблъун рикӏкӏуна нухал рахъи, кьоял рай ва лъим бахъи гӏадал жамгӏиял хӏалтӏабазе боцӏи-мал харж гьаби. Гьеб ишалъулъ жидерго бутӏа лъезе бокьараз гӏарац рехизе бегьула гьаб номералъул сбер-картаялде —\n2202 2036 7041 5076\n(Мухӏамад Гӏабдулаевич).\nКиназулго садакъа къабул гьабеги."}
{"slug": "20517-kherekhderil-khalk-iyab-l-im", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20517-kherekhderil-khalk-iyab-l-im", "title": "Херехьдерил халкъияб лъим", "date": "2022-10-18 16:02:15", "categories": ["magiarukh"], "text": "Жакъа Дагъистаналда церечӏарал аслиял масъалабазул цояб ккола гӏадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие хӏалтӏулел пачалихъиял программабиги риччалел сурсаталги.\nАмма гӏемерисеб мехалда лъел иш рагӏалде бахъуна жамагӏатазул кумекалдалъун. Хунзахъ районалдаги захӏматаб масъалалъун буго лъел суал.\n2020 соналъул январь моцӏалда цӏоройги ккун, росулъе бачӏунеб рогӏороги бихъун, лъабго моцӏалдасаги цӏикӏкӏараб заманалъ лъимги гьечӏого хутӏун букӏана росдал жамагӏат. Гьеб заманалда «САХ Благоустройство» абураб гӏуцӏиялъ баччулеб букӏана росулъе лъим. Амма 1000-ялдасаги цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб росдае гьедин баччараб лъим гӏелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватӏиса баччизе ккун буго гӏадамаз лъим.\n2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукӏана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагӏаталъул вакилзабаз абулеб букӏана жидее лъимги токги хӏажат бугилан. Гьелдаса нахъе ункъо сон аниги, росдал жамагӏат хутӏун буго лъехъ гӏащикълъун. Жидер мурад тӏубазе пачалихъалдасан гьечӏеб кумекги бихьун, херехьдерица хӏукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цӏияб лъел мухъ бачине. Мочӏохъа гъоркье, кьураби-парсахъан гьеб бачине ният букӏана умумузулго. Нилъерго бераздалъун бихьараб гӏадаб жо букӏунарелъул, гьал къоязда ниж щвана лъим бачунеб бакӏалде. 100 метр халалъуда ругел рогӏрал рахънир лъезе нияталда ратана росдал гӏолохъаби. Жамагӏатчи Мухӏамадов Мухӏамадица бицана лъим бачунаго бугеб захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ. Хӏакъикъаталдаги хӏалтӏизеяли киб гурин, хьвадизецин хӏинкъи бугеб бакӏалдасан лъун руго лъел рогӏрал. Кьурулъан лъун буго гӏолохъабаз «Сиратӏалъул кьо» абун цӏар тараб маххул арматурабазул гьабураб нух. Гьеб гьабураб гӏарадерил гӏолохъабазул бахӏарчилъиялъеги ниж мукӏурал руго. Исана риидал байбихьанин хӏалтӏабиян бицана Мухӏамадица. Лъел мухъалъул гӏаммаб халалъи буго 10,4 километр. Жакъа къоялде гьелъул бащдалдаса цӏикӏкӏун манзилалда рогӏрал ракьулъ лъун руго. Гӏемерисеб бакӏалдасан рахъ бахъизе ккун буго газа-белалдалъун. Цо-цо цӏакъго къвакӏараб хъиру бугеб бакӏалда перфораторги хӏалтӏизабула. Жеги лъабгогӏан километралъул манзилалда рахъ бахъизе ккола. Лъим бачунеб буго 90 см. диаметралъул рогӏралги лъун. Гьединаб рогӏороялъул цо метрадул багьа буго 495 гъурущ. Росдал гӏолохъабаз гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго гьениб. Хӏатта, щибаб гӏодобкъоялъ росу тун къватӏир ругелцин рачӏунел руго гӏаммаб субботникалда хӏалтӏизе. Лъим бачун бахъиндал, лъел суал тӏубазе ракӏалда бугин абуна нижеда хӏалтӏухъабаз. Гьединго гьез баркала кьуна лъел мухъ бачиналъулъ гӏарцудалъун бугониги, жидерго къуваталдалъун бугониги гӏахьаллъи гьабулел росдал патриотазе, лъикӏал мадугьалзаби — мачӏхъадерие ва гӏарадерие, цогидалги сахаватчагӏазе.\nЛъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго росдал школа лъугӏарал цӏалдохъабаз жидерго цӏаралдасан гьеб хӏалтӏуе бакӏарун гӏарац кьолеб букӏинги.\nМисалалъе, 2005 соналъ школа лъугӏараз босун буго 200 метр рогӏразул. Гьездаса мисалги босун, халкъияб лъел мухъ бачиналъулъ жидерго бутӏаби лъун\nбуго цогидал выпускниказги.\nГьелъги нугӏлъи гьабула херехьдерил гъункараб жамагӏат букӏиналъе. Исламияб диналда цӏакъго кири кӏудияблъун рикӏкӏуна нухал рахъи, кьоял рай ва лъим бахъи гӏадал жамгӏиял хӏалтӏабазе боцӏи-мал харж гьаби. Гьеб ишалъулъ жидерго бутӏа лъезе бокьараз гӏарац рехизе бегьула гьаб номералъул сбер-картаялде —\n2202 2036 7041 5076\n(Мухӏамад Гӏабдулаевич).\nКиназулго садакъа къабул гьабеги."}
{"slug": "20569-khadur-ralagun-tana-ebelgi-l-abgo-l-imergi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20569-khadur-ralagun-tana-ebelgi-l-abgo-l-imergi", "title": "Хадур ралагьун тана эбелги лъабго лъимерги…", "date": "2022-10-21 14:31:39", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гумбет районалдаса жидеего бокьун кӏиго мугӏалим хӏалтӏизе ана Запорожский областалъул Мелитополь шагьаралде.\nГьезул цояй, Аргъвани росдал школалда гӏурус мацӏалъул ва литератураялъул мугӏалимлъун хӏалтӏулей йикӏарай Заира Пахрудиновалъулгун бухьен гьабуна нижеца.\n— Дун йикӏана «Каскад» абураб лъималзул лагералда хӏалтӏулей. Августалда, гьений хӏалтӏулеб заманалда, Ватцапалда бугеб учительзабазул къокъаялде рехун бачӏана республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ гьабураб лъазаби. Украинаялде хӏалтӏизе ине бокьарав чи ватани, гьес гьаб таблица цӏезабеян абураб. Гӏемер ургъичӏого цӏезабуна дицаги гьеб ва министерствоялде битӏана. Чанго къоялдасан ахӏун бачӏана мун хӏадур йигищин къватӏие яхъинейин абун. Тӏубанго ракӏчӏун йикӏинчӏониги, йигин, жакъа бокьанигиян жаваб кьуна дицаги. Бахчиларо, диеги ургъел букӏана, лъалаан доба рагъ букӏинги, лъалеб букӏана кие дун уней йигеялиги. Амма дица таваккал тӏамуна. Лъабго лъималги руго дир, херай эбелгийиго. Гьелдаги лъалаан доба рагъ букӏин. Дун дое инехъин йикӏин лъайдал, ургъел чӏван лъугьинарищха гьейги. Эбелалъул вацасда кӏвана гьей мукӏур гьайизе.\n29 сентябралда рахъана ниж Махӏачхъалаялдаса къватӏире. Дунги малъун жеги лъабго чӏужугӏаданги чанго бихьинчиги вукӏана нижер. 30 сентябралда гӏорхъоде щведал, доб рахъалда ругел, риххун, тӏатӏала ккарал чӏвадназухъги балагьун, цадахъ рукӏарал бихьиназ абуна, нужее жеги кватӏун гьечӏин инкар гьабизе, нахъруссине рес бугилан. Амма нужее ккараб ккелинги абун, таваккалги тӏамун, ана ниж Запорожский областалде.\nУргъел букӏана киндай нижеда дандчӏвай гьабила, щибдай ккелаян абураб. Рокъор тарал гӏагаразулги букӏинарищха гьединабго ургъел. Амма цӏакъ лъикӏ къабул гьаруна ниж гьезул Лъай кьеялъул департаменталъ.\nЦебесеб къоялъ гӏорхъоде щведал, эбелалдеги кӏалъан, дица абуна: «Гьанже бухьенги къотӏулин, щолелъуе щварайго дунго кӏалъалин, ургъел гьабуге», - ян.\nНахъисеб къоялъ, департаменталда йикӏаго, кӏалъана эбелалъухъе. Дун гьание щваралдаса нахъе аскӏобго гӏадин рагӏулеб букӏана кьвагьулеб гӏарададул сасги. Расги лъикӏаб хӏал букӏинчӏо. «Дие щай букӏараб гьание ячӏин?» абураб суал чанго нухалъ кьуна диего. Амма гӏадан сундего ругьунлъулелъул, дунги ругьунлъун ккана.\nМелитополь шагьаралъул школалъул коллективалъ дун лъикӏ къабул гьаюна, лъималги диде хехго ругьунлъана. Мугӏалимзабазул къоялде гӏемерал сайгъаталги рачӏана. Жидеда нужер «Лезгинка» кьурди малъейиланги рачӏуна аскӏоре.\nГьединал, ракӏжубарал чагӏи руго школлъималги учительзабиги.\nЗахӏмалъаби дандчӏвагоги хутӏичӏо. Школалъул гӏемераб программа тӏагӏун батана бада-гъудур ккаралдаса. Амма цоцалъ рекъон хӏалтӏун, ракӏалги бащад гьарун рукӏиналъ нижеда захӏмалъаби къезаризе кӏвана», - ян бицана Заира Пахрудиновалъ.\nАргъваниса Заира гьение ун йикӏин лъайдал, Мелитополь шагьаралде вачӏун вуго гьелъулго росуцояв, гӏурус мацӏалъул ва литератураялъул мугӏалим Загьирбег Салимовги."}
{"slug": "20571-nekisiyab-mazhgitgi-siyalgi-umumuzul-ustarl-igi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20571-nekisiyab-mazhgitgi-siyalgi-umumuzul-ustarl-igi", "title": "Некӏсияб мажгитги, сиялги, умумузул устарлъиги", "date": "2022-10-21 14:49:40", "categories": ["rel"], "text": "Республикаялда буго 6000-ялдасаги цӏикӏкӏун тарихияб объект. Гьезда гъорлъ руго некӏсиял сиялги, рагъулал хъулбиги, басриял мажгитазул хутӏелалги ва цогидабги. Къокъго абуни,\nракӏ тӏаде цӏалел, гӏемерав чиясе интерес бугел тарихиял бакӏал гӏезегӏан руго. Гьел киназдаго сверухъ хӏалтӏи гьабулеб идара ккола ДРялъул Маданияб ирс цӏуниялъул рахъалъ агентство.\nГьелъул нухмалъулев Махӏач Мусаевасул гӏахьаллъигун, 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана пресс-конференция. 6000 тарихияб объекталда гьоркьоса 2000-яб гурони гьечӏо федералияб сияхӏалде босараб. Гьединго, Махӏач Мусаевас абухъе, гӏемерал бакӏал рагӏула жеги гьезул, ай агентствоялъул сияхӏалде росичӏелги.\nРеспубликаялъул бечелъилъун рикӏкӏунел гьел бакӏал рикьула лъабго тайпаялде. Гьелги ккола тарихиял назарал (памятникал), ансамблял ва цогидал.\nУмумузул щибаб кверагъари бихьулеб хӏалалъ цӏунизе ккола\nЖалго назаралги рикьула тарихиял ва архитектуриял тайпабазде. Тарихиялин абун гьезда цӏар чӏваялъе гӏилла ккола кинаб букӏаниги тарихияб лъугьабахъиналъул нугӏзаллъун\nгьел рукӏин. Масала, Гъуниб районалъул Къорода росулъ бугеб некӏсияб мажгит. 1832 соналда кӏиабилев имамлъун Гьоцӏалъа Хӏамзат вищана гьенив. Амма гьединаб кӏвар бугеб тарихияб лъугьабахъиналъул нугӏлъун кколеб гьеб мажгиталда сверухъ, гьанже заманалъул шартӏазда рекъон гьарун ругел хӏалтӏабаздаса рази гьечӏолъи загьир гьабуна Махӏач Мусаевас.\nГьединаб тарихияб бакӏалде щведал, гӏажаибаб асар гьабула. Гьениса умумузул гӏетӏулги бихьинчилъиялъулги махӏ чӏвалеб бугин ккола. 300-400 соналъ цебего букӏараб гӏадаб ахӏвал-хӏал гьединал бакӏазда цӏунизе кӏвей буго жакъа бищун кӏудияб масъала. Ругебгӏан мехалъ, бажарарабгӏан заманалда, умумузго ран ратараб хӏалалда гьел бакӏал наслабазе цӏунизе ккола нилъеца. Квеш ккараб жо буго гьезул кӏвар кинавго чиясда бичӏчӏунгутӏи. Мисалалъе, цо некӏсияб магӏарул росулъ хутӏараб, умумузго бан букӏараб некӏсияб мажгиталъул ялъуни рукъалъул, яги сиялъул бетӏергьанлъун ватулев вуго тӏоцебе гьелъие кьучӏ лъурав чиясул анкьабилеб наслуялъул чи. Гьесин абуни, тарихалъеги маданияталъеги кигӏан кӏвар гьелъул бугебали санцин гьабичӏого, жиндиего цӏияб мина базе биххизабулеб буго. Жиндир умумузул бакӏ бугин, бокьараб гьабиларищин кӏалъала.\nГьединал гӏадамалгун хӏалтӏизеги цӏакъ захӏмалъула. Гӏолеб гӏелалъе мисаллъун букӏине, маданияталъул ирс хӏисабалда, цӏунизе хӏажат бугин гьеб бакӏилан абуни, тӏоцебе кьо\nлеб суал букӏуна жиндие щиб гьелъ кьезе бугебин абураб. Хадубго цун кьола кӏиабилебги суал, ай жиндие щоле-толеб жо букӏунищин абураб, - ан бицана М. Мусаевас.\nХрюг росдал мажгиталъул сиги\nБищун машгьурал бакӏаллъун ругин абизе бегьула Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъалаги», Гьооргун Къахӏир ругел некӏсиял сиялги. Вачӏанщинав туристги уна\nгьезухъ балагьизе. Гьезул кумекалдалъун кисакибего гьезул цӏарги рагӏулелъул, гьел бакӏал рихьизе рачӏунезул къадарги гӏемерлъулелъул, гьел цӏи гьарун къачӏазе ракӏалда бугищ агентствоялдаян Мусаевасда гьикъидал, гьес гьадинаб жаваб кьуна:\n- Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъала» жеги щулаго бугин абизе бегьула. Гӏагараб заманалда хӏалтӏи гьабизе ккараб хӏалалда гьечӏо гьеб. Гьаадерил ва къехӏдерил некӏсиял сиязул бащдал жеги сах-саламатго ругониги, хутӏарал бащдал цӏи гьарун къачӏазе кколеб хӏалалда руго. Нижеда ракӏалда буго некӏсиял сиял ругел росаби музей-заповедникаллъун лъазаризе. Гьедин гьабуни, пайдаги букӏина. Мисалалъе, Гъамсукь росдал хутӏелазухъ балагьизе къойида жанив азарго туристги вачӏуна. Гьезие белтал ричулеб къагӏида гьабизе щай бегьулареб?\nМ. Мусаевас бицана лезгиязул Хрюг росулъ бугеб мажгиталъул хӏакъалъулъги. 22 метр бугеб си рагӏула гьелъул. Республикаялда руго умумуз рарал мажгитал. Гӏага-шагарго\n450 мажгит. Гьездаго гьоркьор руго насраниязул килисабиги. Масала, Кала-Корейшалда буго гьединаб мажгит, Дербенталда буго. Югалъулаб Дагъистаналда гӏемер руго гьединал бакӏал.\nДие асар гьабураб мажгит буго Генуб росулъ. 13 соналъ цеве щун вукӏана гьениве. Кавказалъул имамзабаз жаниб какги бараб, 250 сонги балеб мажгит ккола гьеб. Гьениб жакъаги бессун бугин ккола дол гьалдолел къоязул бухӏиги асарги. Нилъер умумузул чӏухӏиги, къвакӏиги, яхӏалъул борхалъиги гьелда жаниса тӏагӏинчӏого бугин ккола. Гьалдаса хадубги наслабазе, умумузго ран рукӏараб къагӏидаялъ, гьезулго архитектурияб хаслъигун ва берцинлъигун цӏунизе лъикӏан гьел, - ин бицана Махӏач Мусаевас.\nКала-Корейшалъул киналго ресал ругин гьеб дунялалъулго кӏвар бугеб тарихияб бакӏ хӏисабалда ЮНЕСКОялъул сияхӏалде босизеянги абуна гьес. Гьабсагӏаталда гьеб сияхӏалда\nбуго гӏицӏго Дербенталъул Нарын-Хъала.\nСурат босана гьаб сайталдаса —\nhttps://extraguide.ru"}
{"slug": "20614-rasulikh-e-kag-tal-va-saba-mesedo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20614-rasulikh-e-kag-tal-va-saba-mesedo", "title": "«Расулихъе кагътал» ва «Саба-Меседо»", "date": "2022-10-26 14:25:28", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "«Гьудулзабазулгун накъит» абураб проект хӏалтӏизабизе байбихьана редакциялъ. Нижерго студиялда гьабураб щибаб гарачӏвари газеталдасан цӏализе гуребги, гьелъул видео «Хӏакъикъаталъул» сайталдасан, Телеграм-каналалдасан бихьизеги рес буго нужер (hakikat.info, hakikat_gazeta).\nЖакъасев гьоболлъун нижер гъанситохъ вуго Мухӏамад Бисавгӏалиев.\n- Мухӏамад, тӏоцебесеб иргаялда, баркула театралъул 88-абилеб сезон рагьи. Гьал къоязда букӏараб «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» драмаги цӏакъ бокьана. Гьаб гӏагараб заманалда магӏарулал рохизаризе щиб хӏадурулеб бугеб театралъ?\n- Аваразул миллияб театралъ исанасеб сезон дагьаб цудунго рагьана. Хӏисабалде босун буго магӏарухъе гастролал гьаризе. Хунзахъа байбихьизе руго театралъул сапарал. Театралдаса рикӏкӏадаздаги бигьаго бичӏчӏулеб гӏадатияб асарги бихьизабун байбихьана исанасеб хӏалтӏул сон. «Росулъ ккараб кепаб иш» буго хъвадарухъан, драматург Гӏарип Расуловасул асаралда рекъон лъураб комедия. Гьеб бачӏинахъего лъикӏ къабул гьабуна халкъалъ. Дица кидаго абулаан, театр букӏине бегьуларин гӏицӏго релъарохизе унеб, рекӏелгъеялъулаб бакӏлъунилан. Хӏукуматалъ театралъе гӏарац биччалеб буго гьениб чиясе тарбия кьезе, сурараб сурун, гьунар, берцинлъи, кӏодолъи бихьизабизе, гьелдаса наслабаз мисал босизе. Гьеб масъала букӏиналда бан, бищун некӏсияблъун магӏарулаз рикӏкӏунеб «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» баллада, драмаги гьабун, бачун буго нижеца репертуаралде. Хӏусен Казиевас цӏакъ берцинаб мацӏалъул текст хӏадурун лъуна гьеб сценаялда. Гьебго заманалда, театралъ пикру гьабичӏого бегьуларо цӏикӏкӏун зрителал жанире рачиналъул.\nРепертуар цӏигьабиялъул бицани, гьаб сезоналъул ахиралде ниж хӏадурун руго Гӏабасил Махӏамадил тарихияб «Саба-Меседо» драма бихьизабизе. Дир бичӏчӏиялда рекъон, гьеб\nасар буго магӏарул драматургиялда бищун камилаб. Некӏсияб, пасихӏаб мацӏ ва литературияб рахъалъ камилаб букӏин гуребги, гьениб лъун буго магӏарулазул тарих. Гӏурусазул «Слово о полку Игореве» гӏадин, магӏарул миллаталъул бищун некӏсияб хъвай-хъвагӏай буго Гӏандуникӏ-нуцаласул васият. Тарихалдасан лъала Гӏандуникӏил цо яс йикӏараблъи, хадуб нуцаллъи Булачханихъе щвейги. Гӏабасил Махӏамадил асаралда рекъон, жиндир цохӏо йигей ясалде бугеб рокьиялда тӏалъи босула, Гӏандуникӏ-нуцалас жамгӏияталда цебе жиндирго къадру, цӏар цӏуниялъ. Цоцалъа тӏечӏого нуцаллъиялъул ирс цӏунизелъун, ригьин гьабулаго ханзабазул гурони би жубазе биччалареб гӏадат букӏана. Жиндир вацасул вас Булачхание ине инкар гьабурай яс гӏунизе гӏаздалаб Гӏакаро магӏарде йитӏула Гӏандуникӏица. Архивалда, музеязда лъагӏелалъ хӏалтӏун лъазабуна доб заманалда кинаб ретӏел-хьит, ярагъ, тӏагӏел-гӏучӏ букӏарабали. Ратӏлил модельер Вера Агошкина гӏадал, республикаялда бищунго лъикӏалин рикӏкӏунел стилистал ва цогидал махщелчагӏи рачун руго цӏияб спектаклялъе хӏажатаб хӏадур гьабиялъе. «Саба-Меседо» сценаялда лъеялъе, сундулъго барахщичӏого, хӏажатабщинаб чӏезабун буго. Исанасеб театралияб сезоналъ\n«Саба-Меседо» магӏарулазда бихьила.\n— Гьеб кӏудияб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизе, гӏемераб гӏарац гуребги, къуватаб творчествоялъул хӏалтӏиги хӏажалъула. Бугищ гьеб рахъалъ ракӏчӏей?\n- Махщел камиллъиялъе гӏорхъи гьечӏин абула. «Саба-Меседо» нижеца сценаялда лъолеб буго цӏакъ кӏудияб хӏалтӏи ва гӏемерал харжал тӏад гьарун. Хутӏараб, актеразул гьу\nнар камиллъизаби, балагьулезе бокьулеблъун спектакль лъугьинаби – гьеб буго режиссерасул иш, гьесул бихьиялда ва бичӏчӏиялда бараб жо. Режиссер Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас «Саба-Меседо» гӏицӏго живго лъикӏав лъугьун гурелъул лъолеб бугеб. Нижеца цадахъ пикру дандбан, жавабчилъиялда хӏалтӏулев вуго гьев. Дагъистаналъул театралиял махщелчагӏазул пикруялда рекъон, цогидал миллиял театразда дандеккун, магӏарул театралъул буго бищунго къуватаб актеразул къокъа. Кӏиабилеб къуватаб\nрахъ, нилъер руго жидеца кассаялдеги ун, саялде ун, билетги босун, театралде рачӏунел гӏадамал. Рукӏуна постановкаби киналго шартӏал гӏуцӏун лъурал, амма халкъалъе къабуллъичӏого цо нухалъги бихьизабун тарал. Букӏуна цо-цо гьелъул гӏаксалдаги, гьалъги щиб кьелебин ккаралъги кьвагьи бахъинабула.\n— Исана цӏияб соналде лъураб музыкалияб программаялда бихьана, магӏарул кучӏдул ахӏизе гуребги, миллиял кьурдабазеги актераз бахъулеб хӏаракат. Цебеккун гьединаб гьунар халлъулароан театралда.\n— Цӏияб соналъул программаги кӏиабизе бихьизабулаго, миллаталъул махӏ цӏикӏкӏинабиялда тӏад хӏалтӏана ниж. Музыкалияб, хореографиялъул рахъалъ творческияб коллектив цебетӏеялъе цӏияв режиссерас чӏаголъи гьабуна. Байбихьуда актерал рукӏана гьеб бакӏлъи цӏцӏазе бокьуларого. Гьезул гӏарзал режиссерасе загьир гьаридал, музыкалиябгун драмаялъул театралъул актеразул кьурдуе тӏадагьлъиги, бакъан биччазе гьунарги букӏине кколин бичӏчӏизабуна Сурхатиловас. Гьелдаса жалго актерал разиго руго гьанже.\n— Гӏицӏго Авар театралъулги бицун, хъвадарулев чи хӏисабалда суалго кьечӏого, мун виччазе рес гьечӏо. «Дир цогидаб кодолъи - кучӏдул, поэмаби. Дир черновикал. Балагьизе Бисавгӏалиевасда гьаре гьенир бегьулел пикраби хутӏун ратани». Гьадин хъван буго Расул Хӏамзатовас жиндирго васияталда. Шагӏирасул 100 сонилаб юбилеялде щибго хӏадуричӏого чӏун ватунгутӏи хӏакъаб буго.\n— Расул Хӏамзатовасул васияталда хурхун, кагътиде росун тарал гъосул хъвай-хъвагӏаял дихъе щвечӏолъиялъул бицун нилъеца гьабураб гара-чӏвари «Хӏакъикъаталда» бахъун букӏана, шагӏир камун хадусел соназго. Расулица васияталда рихьизарурал асарал дидаго рекӏехъе лъалаан. Тӏоцебе гъоб васият букӏин лъараб мехалда, пикру букӏана, Расул Хӏамзатовасул асарал гьел рукӏинги чӏезабун, щибаб асаралъул паспортги гьабун (текстологическая экспертизаян абулеб гӏелмияб тӏалаб букӏуна), щибаб асаралъе литературоведческиял баяналги кьун, хасаб тӏехь биччалин.\nГьелдаса гӏемерал соналги ана, гъол текстал дихъе щвечӏо. СССР биххаралдаса переводческияб школа биххун, Расулил ахирал соназул асарал гӏурус ва цогидал переводчиказухъе щвечӏо. Хӏатта, гъов чӏаго вугеб мехалъ бахъараб «Киниги гъанситоги» буссинабун гьечӏо жеги гӏурус мацӏалде. Дир хӏукму ккана, дидаго ракӏалда ругеб къагӏидаялъ, гьагъал, васияталда рехсарал асарал цойиде ракӏарун, гьезул подстрочникал гьаризе. Гӏурус мацӏалъ цӏалулезе гьел асаразулъ Расул рагьиялъе букӏине, профессионалиял переводчиказ хадуб художествиябгун поэтикияб перевод гьабизе бегьилин гьездаса.\nГьабуна дица гьеб тӏехь. Лъабгоункъо батӏиял вариантал рукӏана дол, Расулица дие цӏаларал «Нухалги мехалги», «Чӏегӏераб ящик», «Кавказ», «Патӏимат» асаразул. Гьел киналго\nдида ракӏалдасан лъала. Цереккун басмаялда рахъарал гьел асаразулъ гӏезегӏанго гъалатӏал, такрарлъаби руго. Гьел рихьизарунги кьуна баянал. Цоги, жамгӏиял гьиназда, масала, Фейсбукалда хадуб халкколезда бихьун букӏун батила, «Расулихъе кагътал» абураб цо проект букӏана дир доба. Гьагъаб проектги бачана тӏехьалда жанибе. Дица гъосухъе хъвалел кагътазулъ, тӏоцебесеб иргаялда, Расул рагьулев вуго гӏадан хӏисабалдаги, поэт хӏисабалдаги, поэзиялда художник, философ, лирик, гражданин хӏисабалдаги. Дица рехсанщинаб данде бакӏаридал, гӏезегӏан саламатаб тӏехь лъугьана. Басмаялда бахъизе хӏадурун буго. Гьеб ишалъулъ дие гӏакълучилъун вугин абизе бегьула гӏалимчи Гьарадерихъа Мухӏамад Мухӏамадов. Жив мацӏалъул гӏалимчи вугониги, литератураялъул лъикӏаб бичӏчӏи бугев чи вуго гьев. Дицаго хъвалел цоцо жал гьесда дандрала,\nмацӏалда хурхарал суалазулъ кумек букӏуна Мухӏамадил рахъалдасан."}
{"slug": "20620-madaniyatal-ul-k-ogi-k-atiipadul-kh-abalogi-k-ogo-sonaldasan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20620-madaniyatal-ul-k-ogi-k-atiipadul-kh-abalogi-k-ogo-sonaldasan", "title": "Маданияталъул къоги къатӏипадул хъабалоги къого соналдасан", "date": "2022-10-26 20:02:05", "categories": ["lit"], "text": "21 октябрь – Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къо\n2036 сон, октябрь. Хунзахъ тӏалъиялда цо росулъ.\n— Чан сонгӏаги, яц, ватӏаналде щвечӏого бан букӏараб, гьеб хӏалалъ гӏажаиблъи гьабизе? Гьанже ниж гьадин ругоха. 2016 соналъ гьадав хӏалчӏахъад Гӏабдулатӏиповас 21 октябрь Дагъистаналъул маданияталъулги мацӏазулги къолъун букӏине бугилан лъазабуралдаса хиса- басун лъуна кинабго. Гӏажаибго цӏодораб гӏолохъанаб гӏелги букӏун буго нилъер. Аллагьас кантӏизарунги ратиларищха. Бугеб хӏалалъ тани, нилъ лъикӏалде унел гьечӏеблъиги бичӏчӏун, ку- такалда гӏакъилал умумул нилъер рукӏинги хӏисабалде босун, гьез ирсалъе тараб лъикӏабщинаб цӏунизе хӏукму гьабуна гьез. Гьелдаса нахъе, яц, нилъер школазда байбихьул классазда киналго дарсал авар мацӏалда кьола. Школалда дарсал нилъерго мацӏалда ругеб мехалъ, ясли-ахаздаги батӏияб мацӏищха би- цинеб. Гьанже лъималазда школалда дарсал ричӏчӏиларилан ургъел гьечӏелъул, улбулги па- рахат магӏарулалъ кӏалъала. Гӏажаибаб жо – гӏурус мацӏгиха эл лъималазда дагьабги лъикӏ лъан батулеб. Доб телефон, интернет, телевизор, мультик кибего ун гьечӏелъул. Кӏиго-лъабго мацӏ лъалел чагӏи, цо гурони лъаларездаса цӏодорал рукӏунилан гӏалимзабаз абуралда божулароан, берда бихьулеб буго. Гьанжесел цӏалдохъабаз доб ОГЭ-ЕГЭ 80 баллалдаса гӏодобе кьоларо. 100 босулелги санайил камуларо.\n— Вай, бетӏергьанчихвад ЕГЭ жеги чӏагойищ, яц, бугеб?\n— Доб дуда лъалеб ЕГЭялда релълъараб жоцин хутӏун гьечӏо. Гьанже гьеб буго лъималазул лъайги борцунеб, гьезул напсги гӏодобегӏан гьабулареб, гӏумруялъ гьезие дарс кьолел рукӏарал мугӏалимзабаз школалдаго босулеб экзамен. Чара гьечӏого гьединабго экзамен рахьдал мацӏалъулги кьезе ккола. Гьеб кьоларел, авар мацӏ лъаларел, гьеб лъачӏониги бегьулилан ракӏалде кколел лъималги рукӏунаро, гьединаб мекъаб пикруялъул улбулги тӏагӏана, яц, араб бакӏ лъачӏого. Гьадаб 21 октябралъул баракатха…\n— Ракӏалда бугищ, гьитӏинаб мехалъго лъалаан нилъеда гьеб октябрь баракатаб моцӏ букӏин. «Октябрьгӏан берцинаб моцӏги дида лъаларо, Мацӏалда гьоцӏо хъвала гьелъул цӏар бахъарабго», — йилан рукӏунароанищ?\n— Унха, йо. Гӏажаибаб жо. Балъго-щайихал рукӏун руго нилъ. Чан гӏажаиблъи гьабизе ккарабгиха аб дунялалда бугеб…\n— Жакъа байрамищ гьадаб школалда бугебали, цӏалдохъаби ругоан цоцазда релълъараб, цӏакъ бер- цинаб умумузул ретӏелги ретӏун.\n— Кинаб байрам, яц, букӏунеб, гьанже школалъул форма буго гьеб. Байрамкъоялъ дагьалги берцин рукӏуна. Чухъа ретӏингун васазулъ букӏунеб къамартӏиги, хъабалодулъ ясазул недегьлъиги бихьизе лъикӏан дуда…\nХамиз къоялъ дарсаздаса хадур, ретӏун кьер-кьерал хъабалабигун, чӏван симис халатал шалалгун, гӏертӏалги рукьалда ран ясал уна Дорехӏали иццухъе лъел цӏезе. Гьанже гӏадат буго гьединаб. Мугӏалималъ иццухъ ясазе, ретӏа-къаялъул, рукӏа-рахъиналъул, яхӏ-намусалъул, адаб-хӏурматалъул дарсал кьола. Кьурди-хъатги кечӏ-бакъанги камуларо.\nГьебго къоялъ васазул чуял тӏамиги букӏуна Гӏалагӏарт май- даналда. Чухъаги ретӏун, рачелги борчун, чоде вас вахунаго эбелалъул ракӏ киндай тварххелеб букӏунебилан йикӏуна дун кидаго. Дирго ясал гурони гьечӏелъул. Парпазабулаго хъахӏаб шалгун, баччун гӏеретӏгун, Дорехӏалиса тӏаде яс ячӏунаго дирго букӏунеб гӏадин букӏунеб батиларищха…\n— Вай, гьебищ, яц, доб букӏараб. Росулъеги щун машинаялъуса гъоркье рещтӏана… Доре- хӏалисахун буго цо гӏажаибго берцинаб ясазул тӏел бачӏинеб. Кьер-кьерал хъабалабиги руго, хъахӏал шалалгун гормендабиги руго, паркъелел гӏертӏалги руго…\nГьезухъ ялагьун хаган йикӏаго, гинчадерил рахъалдасан бугоха рекӏаразул тӏел бачӏунеб. Вай, цо гьезул ратӏлил берцинлъи, чакмабазул цӏваки, чорхол рекъей. Чуялгиха ккун чӏезаризе кӏоларого… Кино бахъулел чагӏигӏаги рачӏун ратилин йикӏана.\nЦо нухалъ бихьунилан гьадин асар гьабулеб, щибаб анкьил гӏадаталъ гӏадамазул пикруго хи- сизабун батила умумуз нилъее ирсалъе тараб рухӏияб бечелъиялде.\n— Бугоха, яц. Гьанже нилъер чагӏаз байрамалде яги берталъе нилъерго миллияб ретӏел гурони ретӏунаро. Кечӏ-бакъанги кьурди-хъатги цин нилъерго букӏуна, хадуб цогидазулги биччала. Данде кквезе жоги къваригӏунелъулха…\nГьеб бицуней йиго мун, Гьанже щар чӏвалеб дадги давагьинги кьечӏого яс рукъалде кьоларо. Гьелдаго цадахъ тӏанса-салмагги, гӏеретӏ-гулгунги… Тӏубанго гьечӏониги, цо рукъгӏаги умумузул къагӏидаялъ къачӏачӏеб минаги букӏунаро.\n— Дун бахӏараб заманаялъ, цониги чиясул рокъоб гӏеретӏ яги дад бихьани, дозул рокъоб музей буги- лан абулаан.\n— Къанагӏатаб жо музей букӏинарищха. Гьанжени гьеб музей гуро. Гьанже гӏумруги яшавги буго гьадинаб: нилъер умумузул букӏарабги цӏунараб, цӏиябги ккураб. Тӏанса-салмагазул артелалда 120 чи хӏалтӏулев вуго, театрал рихьизарулел, жамагӏаталъе тарбия кьолел клубалъул чагӏи руго, кинабалиго федералияб проектилан, росабалъ нухал, паркал, хӏорал къачӏалел бега- вулзаби руго, жамагӏат битӏараб\nнухде ккезабулел дибирзаби руго, къватӏахъ игӏланал магӏарулги гӏурусги мацӏазда чӏван руго. Гӏолохъаби росулъго чӏолел руго, доб цӏар рагӏараб гьобоги хӏалтӏулеб буго. Колхозалъул хурзабахъ бугӏа-ролъ барщун буго, картошка бакӏаризе росуго бахъун буго, росдал хьагазда гъоркьа цӏа камураб къо гьечӏо, росулъ, Чӏанкӏал цӏаралда, фонтангун парк бан буго. Гӏодоб ккураб плитаялъухъ ралагьидал, давагьинин ккун, тӏаса хьитал рахъизе гьесула гӏемерисел…\nГьеб кинабго буго гьадаб 20 соналъ цебе 21 октябралъ лъазабураб Дагъистаналъул мада- нияталъулги рахьдал мацӏазулги къоялъул къуват. Кидагӏаги, яц, доб бугеб, цӏакъ хӏурматалда тӏобитӏулин гьеб байрам Тӏалъиялъго.\n— Цо-кӏиго къоялдасан.\n— Вууу гьай, ана дун хӏадуризе! Вацап группаялдасан лъазабизе ккола киназдаго, коралги ракун, росдаего метер гьуинал чадал режеян. Мунги байрамкъоялъ Чӏанкӏал паркалде ячӏа. Кӏудияб хъазниб гьабураб пулавги кваназе, гьуинал чадалгун гӏечул компотги гьекъезе, гьант битӏун магӏарул мацӏалъухъги гӏенеккизе. Бахъухъги букӏинарищха… Гьеб мехалъ бихьила дуда нилъер умумул кинал чагӏи рукӏаралали. Дида букӏине буго гӏурччинаб къатӏипадул хъабалоги, симис халатаб хъахӏаб хараги. Нагагь дуда дун лъачӏонигиян бицун толеб буго.\n— Дитӏа?!\n— Мун гьаб нухалъ туристилан тела.\nСурат босана гьаниса: https://gazetaingush.ru"}
{"slug": "20639-nekisiyab-chiurmutialda-gardan-chivaj-gengeruyal-va-gvesh-k-acharal-bal-goyab-daptar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20639-nekisiyab-chiurmutialda-gardan-chivaj-gengeruyal-va-gvesh-k-acharal-bal-goyab-daptar", "title": "Некӏсияб Чӏурмутӏалда «гардан чӏвай», гьенгеруял ва «гвеш къачарал» («Балъгояб даптар»)", "date": "2022-10-28 15:23:47", "categories": ["kultur"], "text": "Чӏурмуталда халатал хасалил сардаз гьабизе жо тӏагӏарал чагӏаз, рекӏелгъеялъе, кеп-гӏоркьалъе ургъарал цо-цо гӏадатал рукӏана. Гьединал гӏадатаздасан цояблъун ккола «гвеш къачарал» (абуледухъ литературияб мацӏалде буссинабуни – квеш къачӏарал) – хохорал магӏнаялда. Щибаб росулъ гьеб гӏадаталъул жиде-жидер хаслъаби руго. Нижер росулъ хасалил сардаз рокъо-рокъоре рачӏунел ратани, Къамилухъ ва Гъенеколоб гьез бертабалъ гӏадамазе рекӏелгъей гьабула. Гьурмада маскагун ва хасаб ретӏелгун гьел бахӏаразда цадахъ рахъуна кьурдул горсверуде. Цӏарги буго гьениб гьезда батӏияб — «гьенгеруял» – рекъал абураб магӏна батилин ккола.\n— Дида гьезул магӏнаго батилин кколаро, гьадинго ракӏ гъоларел чагӏаз ургъарал жал ратила…, — ян абуна дица инсуда, кинаб букӏаниги хабар гьес бицинародаян.\n— Гьадинго щибниги букӏунаро. Гӏадатазул магӏна букӏинчӏебани, наслабаз наслабахъе кьун, гьел нилъехъе щолароан. Батула гьениб цо нилъ хадур гӏунтӏулареб бахчараб магӏна. Гьеб балагьи буго этнографазулги историказулги хӏалтӏи. Нилъер, гъоркьилял Чӏурмутӏалъул росабалъги букӏана гьеб гӏадат, рахъунаан нилъер «гвеш къачарал» бахӏаралгун кьурдизе. Нилъераз гьанже тун бугоха, Къамилухъ жеги цӏунун буго, — ян абуна инсуца ва хадубго цун:\n— Мун Гъенеколоб яги Къамилухъ берталъ вукӏанищ? — илан цӏехана.\n— Къамилухъ вукӏана цо нухалъ. Дида гьениб «гардан чӏвай» (хонжроца гьанал кусок къотӏулеб) гӏадат бихьана, — ян жаваб кьуна дица. Ва гьеб ракӏалдещвеязул сураталъ чанго гӏасруялъул гъварилъуде, некӏо заманалде вачун вукӏана дун тӏоцебе Къамилухъ «гардан чӏвай» бихьарабго.\nЗурма-къолол гьаракь. Бахӏарасул рахъалдаса цо залимав чи вачӏана цеве, гъежда кӏудияб куялъул къулагӏиги лъун. Гьеб букӏуна бахӏаралъул рахъалдаса рачӏарал чагӏазе сайгъат. Бахӏаралъул рахъалдаса бищунго къуватав гӏолохъанчияс, цо кьабараб ханжаралъ гьеб къулагӏиялъул лагъигьодидаса цебехун хутӏараб габуралъул рахъ тӏезабизе кколаан. Гьеб кинабго унеб букӏана гӏадаталда рекъон бачунеб зурма-къолол бакъаналда гъоркь. Гӏезегӏан махщел, къуват ва сихӏирлъи хӏалтӏизабизе ккола, букӏине кколеб къагӏидаялъ гьеб габур тӏезабизе ккани. Кьабулесул масъала буго цо ханжар кьабун габур тӏезаби, къулагӏи ккурасул масъала буго, кьабулаго гӏодобе биччан, кодобе босун, щиб гьабунги кьаби тамах гьабун, гьеб тӏечӏого хутӏи. Гьитӏинабниги гъалатӏ къулагӏи ккурав чиясул ккани, къотӏун уна габуралъул рахъалдаса гьан, гьеб буго бахӏарасул рахъ къураб ва бахӏаралъул рахъалдаса рачӏараз тӏалаб гьарурал шартӏал тӏуразе ккей, гьезие хӏурмат гьабизе тӏамулеб къагӏида. Къулагӏи кквезе ва ханжар кьабулев гуккизе махщел бугев чи бахӏарасул рахъалдаса ккани, тӏубан къотӏичӏого хутӏула. Гьеб буго бахӏарсул рахъ бергьиналъул гӏаламат.\nРекӏелгъеялъе ва ихтилат-кепалъе ургъараб жо гьабулаго, мурадалде щвечӏеб рахъалда щай гьеб гьедигӏан цӏакъ квеш букӏунебали бицине къамилухъезда лъачӏо.\nКъулагӏидул габур бахӏаралъул чагӏаз тӏезабуни, бахӏарасул чагӏазда гьеб кутакалда квеш букӏуна ва гьезде рагӏад рехула. Бахӏаралъул чагӏазе гьез тӏадегӏанаб адаб-хӏурматги гьабизе ккола ва бертин лъугӏизегӏан гьезул гогьдариги, мекъдариги, барщариги хӏехьон, гьезие бокьанщинаб гьабизе ккола.\nДун вукӏарав берталъ бахӏарай Лъаратӏа-райцентралдаса ячун йикӏана Къамилухъе. Бахӏаралъул чагӏазда тӏоцебе бихьулеб букӏана гьеб гӏадат ва гарбал тӏезариялъул хӏалбихьиги букӏинчӏо гьезул.\nБергьарал къамилухъел баччун къулагӏигун кӏанцӏана горсверуде кьурдизе. Гьеб букӏана балагьарал гӏажаиблъизарулеб сурат. Моцӏрол канлъухъе къалъараб сверухълъи, ракарал цӏаял, жанибе тӏубанго къулагӏи рехулел, кӏудиял, лахӏчӏегӏерал росдал хьагал, махщалида белъараб гьанаде цӏам щвалев богогьан… Цӏаялгун хьагаздаса рикӏкӏада гьечӏого къолохъан ва зурмихъан. Рорхатал васазулги чергесал ясазулги некӏсияб, Чӏурмутӏалда гуреб цойгидаб бакӏалда лъиданиги бихьизе рес гьечӏеб, умумузул кьурди…\nБасрияб росдал къваридал къватӏалчӏван сардилъ, берталъа гьоболасул рокъове вачӏунев вукӏана дун. Гвангъараб моцӏроца бакъуца гӏадин къалъизабун букӏана къватӏазул цояб рахъ. Рагӏад рехараб рахъалда цӏакъ бецӏго букӏана. Къамилухъ росу буго кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда. Гӏурул сасалъги, рикӏкӏадасан рагӏулеб зурма-къолол гьаракьалъги тӏабигӏаталъул ва гӏумрудул гӏажаибаб орекстр лъугьинабун букӏана. Гьеб цӏакъ цоцалъ рекъон, берцингоги букӏана.\nДица гӏемераб пикру гьабуна гьадаб «гардан чӏвай» (габур тӏезаби) гӏадаталда тӏад. Щиб магӏна гьадалъул букӏине кколеб? Лъица ва щиб мурадгун ургъараб? Къуразда щай доб додигӏан квеш букӏунеб? Гӏемерал суалал хутӏана…\n— Хӏинкъи бугеб пишаха доб. Хасго гьекъонги ругони… Гӏадлу гьечӏеб гӏадамазул руккел бакьулъ кодоб ханжаргун чи. Къулагӏи ккурасул квералда яги хӏатӏида ханжар щварал лъугьа-бахъиналги рукӏана гӏезегӏан, — ян бицунеб букӏана чанго соналъ, гӏолохъанаб мехалда Къамилухъ школалъул директорлъун хӏалтӏун вукӏарав инсуца.\n— Щиб магӏнаха гьелъул букӏине кколеб? — ян гьикъана дица цо кинаб букӏангиги жаваб щвелародаян.\n— Рачӏаха ургъизе. Бахӏарасул чагӏаз бачӏунеб буго цо кьабараб ханжаралъ кинго габур тӏезабун бажаруларебгӏан кӏудияб куй. Гьелъ бахӏаралъул чагӏазда бицунеб буго бахӏарасул рахъ рес бугел, бечедал чагӏи рукӏин. Бахӏаралъул чагӏаз гьеб габур тӏезабуни – гьелъги абулеб буго, нижги гьадингоял чагӏи гурин, бахӏарай бахӏарчилъи-къуват ва къадру-къимат бугеб тухумалъул яс йигин. Дида гьедин бичӏчӏулеб буго, батӏияб магӏнаги батизе бегьула ,- ян абулеб буго инсуца.\nГьедин батизеги бегьула, батичӏого букӏине бегьулаян пикрабалъ вуго дунги.\nСурат босана гьаниса: http://salataviya.ru"}
{"slug": "20640-magiarulal-godekianir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20640-magiarulal-godekianir", "title": "Магӏарулал годекӏанир", "date": "2022-10-28 15:47:10", "categories": ["kkara-tar"], "text": "СССРалъул Журналистазул союзалъул член Мухӏамад Расуловас данде гьабураб «Магӏарулал годекӏанир» абураб тӏехьалдаса\nХерехь рагӏи бегӏерал гӏадамал ругиланги рагӏун, гьел къезаризе пикруялда, вачӏун вуго гӏандадерил лъабгояв. Росу рагӏалде щведал гьезда гӏодулев цо вас данде ккун вуго. — Вуцӏцӏун гӏоде, вас, — ан абун буго гьезул цояс. — Нужго, гӏодорги чӏун, рилълъа, — ян жаваб гьабун буго гьезие васас.\n* * *\nРосдал годекӏанире щведал, гӏандадарица цо гӏолохъанчиясда гьикъун буго: — Нужер багӏаргьалида накъищ лъица бахъараб? — ан. — Нужер чӏегӏергьалида лахӏ бахарав чияс, — ан жаваб кьун буго гьесги.\n* * *\nНилъалзукь квералги чӏван рукӏун руго годекӏанире гӏадамал рачӏинегӏан гӏандал херехь махсаралде кквезе ургъулел. Тӏаде рехун вачӏарав Кортасда гьез цӏехон буго: — Нужер гӏадамал кире арал? — ан. — Нилъалзукь чӏван нужер кверал свакан ратилин, гьезул бакӏалда чӏвазе рахал къотӏизе рохьоре ана, — ян къокъ гьабун буго Кортас хабар.\n* * *\nТӏаде вачӏарав гьоболасе хъулухъ гьабизе малъулаго Кортас гӏолохъанай чӏужуялда абун буго: — Дуца бачӏинаго гьесда цебе хъаба цӏун лъим лъе. Гьес гьеб гьекъечӏони – кӏал ккун букӏуна, гьекъани – кванан вачӏун вукӏиналъул гӏаламат ккола. Кӏал ккуравги гӏорцӏаравги чи кваназавуни, нилъее кӏудияб мунагь букӏинарищ?\n* * *\nКортасухъе гьоболлъухъ щварай Занкилалъе кваназе жо лъун буго. Гьев махсараде кквезе къваригӏарай Занкилалъ, кваналеб жоялда сверухъ лъугьун гӏемерал тӏутӏал рихьидал, абун буго: — Гьал тӏутӏазе батӏаго кьезе бегьуларищ букӏараб кваназе жо? — ян. — Битӏарабха, Занкилай, — ан Кортас, босун, дандежо доб цояб столалда лъун буго, хинкӏал Зинкилалда цереги тун руго.\n* * *\nПер кунев вукӏун вуго Кортав, чваххулаго магӏугун. — Щай гӏодулев? — ан суал кьун буго гьесие. — Вихьуларогойищ? Пер кунеб букӏун, — ан жаваб гьабун буго Кортас. — Кваначӏого теха. — Кинха телеб, — ан абун буго гьес, — дица гьаб богӏохъ хисун босараб бугелъул.\nСурат босана гьаниса: https://welcomedagestan.ru/"}
{"slug": "20660-akhiulgokhi-darg-o-shamilil-sukh-makh-kkun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20660-akhiulgokhi-darg-o-shamilil-sukh-makh-kkun", "title": "Ахӏулгохӏ — Даргъо: Шамилил сухъмахъккун", "date": "2022-10-31 15:31:45", "categories": ["rel"], "text": "Дагьалъ цебе «Ахӏулгохӏ» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏаракаталдалъун рекӏаразул къокъаялъ, Шамил имамасул нухккун, сапар гьабуна Ахӏулгохӏдаса чачаназул Даргъоре щвезегӏан. Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏана гьеб къокъаялъул вакилзаби.\nТадбиралъул мурадалъул бицунаго, «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас гьадин абуна:\n«Шамил имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда, нижер жамгӏияб гӏуцӏиялъ тӏоритӏана батӏи-батӏиял тадбирал. Хӏисабалде босун букӏана «Ахӏулгохӏ-Даргъо» абураб рекӏаразул сапарги. Гьеб мурадгун нижеца хитӏаб гьабуна республикаялъул батӏи-батӏиял идарабаздеги росабазул жамагӏатаздеги. Сапаралъул аслияб мурад букӏана дагъистанияздаги чачаназдаги гьоркьосел бухьенал щулалъизари, умумузул гӏаммаб тарих ракӏалде щвезаби, ай гьудуллъиялъул кьо щулалъизаби. Мадугьалихъ бугеб республикаялде гьабулеб бугелъул сапар, къваригӏун букӏана\nпачалихъиял идарабазул квербакъи. Гьеб рахъалъ кӏудияб кумек гьабуна ДРялъул Миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министерствоялъ. Гьелъул кумекалдалъун мухӏкан гьаруна сапарчагӏи рещтӏунел бакӏал, дандрана дандчӏваял гӏуцӏиялъул рахъалъ пикраби, хӏадурана сапаралъул план», — ан.\n«Ахӏулгохӏ-Даргъо» сапар байбихьана 10 октябралда, Ахӏулгохӏдасан. Гьенир ракӏарун рукӏана имамги вокьулел, тарих лъазабизе гъираги бугел гӏадамал, щвана Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовги. Гьениб зияратги гьабун, данделъиялъул гӏахьалчагӏазул гьара-рахьи къабул гьабеян Аллагьасде аманатги гьабун, сапарчагӏи ана Гум-\nбет районалде. Чӏиркъатӏасан Лъанлъари ва гьенисанги — Аргъванире. Гьениб бана тӏоцебесеб сордо. «Нижгун дандчӏвазе гьениве вачӏана Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалипов, гьесул заместителал ва районалъул администрациялъул цогидал вакилзабиги. Росдал жамагӏаталъ лъикӏаб гьоболлъи гьабуна нижее. Кӏудияб баркала буго Аргъвани\nросдал жамагӏаталъе», — ян абуна Гъ. Гӏабдулаевас.\nГьенир ругел гъазизабазул хобазде зияраталги гьарун, рекӏаразул къокъа багъарана Данухъе. Гьенибги буго Гьитӏин абурав наибасул зиярат. Сапарчагӏигун дандчӏваялъе цӏакъ хӏадурун ратана данхъал.\n«Данухъ росулъ хутӏун руго дагьалго гӏадамал, гӏемерисел гочун руго шагьаразде. Хасавюрталдаги цогидал бакӏаздаги ругел гӏадамалги ракӏарун, кӏудияб мажлис гӏуцӏана гьез ро-\nсулъ. Сайгъатал кьун, гьарзаяб гьоболлъи гьабун, нечезаруна ниж гьез», — ан ракӏалде щвезабуна Гъайирбегица.\nГьенисан къокъа багъарана Казбек районалъул Алмахъалде – гьениб базе кколаан кӏиабилеб сордо. Гьел рачӏана къокъаялде дандего. Гьеб бакӏалда буго, Чачаналъе унаго, имам Шамилица сордо бараб бакӏ. Гьениб бакӏарун бугоан алмахъазул жамагӏат, хӏадурун квен-тӏехгун. Алмахъалда сордоги бан, рилълъана Чачаналъул гӏорхъодехун.\n«Нижеда ракӏалда букӏана къадекак Байтеркалда базе. Гьеб ккола нилъерги дозулги гӏахьалаб бакӏ. Доба гьоркьоб, ай Цӏияб Лак районалда, буго Мажгар абураб кули. Нижеде данде гьениве щвезегӏан вачӏана районалъул бетӏер. Цо рохьил рацӏцӏалъиялда букӏана гӏуцӏун дандчӏвайги. Гьевги дунги аслияб къокъаялдаса цере-цере унел рукӏана. Гъутӏби ругеб бакӏалде щведал, дица абуна, цогидал хадур гъезегӏан гьанир лъалхъилин абун. Гьениб батана кӏиго гьитӏинабги цо кӏудиябги лъабго зани. Гьезухъ халгьабун рукӏаго, тӏаде вачӏана мадугьалихъ росулъа Зиявудин абурав чачанав. Гьес бицана Дагъистаналдаса инсулги васазулги занал руго гьелин абун», — ан бицана\n«Ахӏулгохӏалъул» нухмалъулес.\nСапаралъул иргадулаб рещтӏен гьабизе, ай лъабабилеб сордо базе кколаан Беной-Веденоялда. Рекӏарал гьенире щвелалде рачӏун ратана Байгӏали абурав чи (росдал бетӏер) ва цогидал гӏадамал. Гьез хӏадурун бугоан сапарчагӏазе рега-рахъине бакӏги, чуязе кӏалцӏи-херги, кинабго хӏажатабщинабги. Радал гьенисан рилълъана Даргъоре. Чачаназул гӏорхъодаса байбихьун, кире аниги, рекӏаразул къокъаялда цадахъ рукӏана низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби. Гьез гьел цӏунулел рукӏана нухда сунцаниги квалквал-квекӏен гьабиялъукьа.\nДаргъоре щолеб бакӏалда буго Воронцовасе бараб кӏудияб памятник. Цадахъ рукӏана Ведено районалъул администрациялъул вакилзабиги. Гьеб сапаралъул гӏахьалчагӏазе кьуна «Ахӏулгохӏ» абураб ДРООялъул сертификатал. Рекӏаразда гьоркьоса бищун гьитӏинав чотӏахъанасе – Шамил районалъул Къахӏиса 14 сон барав Мухӏамадие кьуна Шамил имамасул хӏурматалъул гӏаламатги.\nХадур рилълъана Даргъоре. Гьениве вачӏана районалъул бетӏерасул заместитель ва цӏехана щиб мурад бугебан, программа киб бугин абун. Нижер мурад букӏана зияраталги гьарун, росдал жамагӏатгун дандчӏвазе ва, Аргъваниса вачӏун, гьенив чӏарав Хӏусенихъеги щвезе. Ниж ана Гӏабдурахӏман-хӏажиясул хабаде зияраталъе. Гьениса тӏад руссана нижее чӏезе бихьизабураб бакӏалде. Гьениб букӏана мажгитги. Гьеб бакӏалда хӏадурун батана нижее квен-тӏехги. Администрациялъул вакилзабаз нижее гьукъизе лъугьана сурат яги видео бахъизе. Бичӏчӏизабунаха гьезда цоги нухалда нижер сапаралъул мурад: гьудуллъи-вацлъи щула гьаби.\nАбуна, рес кьеян жамагӏатгун дандчӏвазеги. Лъазабуна, гьелъие санагӏат гьабичӏони, гьабсагӏатго сапаралъ рахъине ругиланги. Тӏад ругелгун гӏакълуги дандбан, бакӏарана ахирги жамагӏат – чӏахӏиялги гӏисиналги. Мажгиталда жанир ахӏана мавлидал – нижецаги дозги. Гьаруна кӏалъаял. Бицана имамасул хӏакъалъулъ. Цӏакъ лъикӏаб, гьудуллъи гъункизаби-\nялъе пайдаяб дандчӏвай лъугьана. Бищун гьитӏинав чотӏахъан Мухӏамадил лъай-хъвай гьабуна гӏелцоял васазулгун ва къотӏи ккана гьудуллъи-вацлъи гьоркьоб къотӏунгутӏизе.\nСапаралде рахъиналдего, нижеца чачаназухъе битӏун букӏана нижер мурадги гьаризехъин ругел тадбиралги рехсон хӏадурараб видео-ролик. Гьез гьеб бихьизабун бугоан респу-\nбликаялъул телевидениялдасан. Гьединлъидалги батила, чачаназул щибаб росулъ ратулаан гӏемерал гӏадамал, нижеда дандчӏвазе, ниж рихьизе гъирагун ракӏарун.\n«Гӏемерал сапаразда вукӏарав чи вуго дун. Къватӏиве вахъараб мехалда лъала гӏадамасул хӏал. Амма гьал рекӏаразул гӏадинаб сабурлъиги, берцинаб гӏамалги, ракӏа-рахариги бугел чагӏи гӏемер дандчӏвачӏо дида. Дун бахиллъун хутӏана гьезда. Цогӏаги нухалъ тохаб рагӏи борчӏичӏо гьезухъа, адаб тараб иш гьабичӏо. Бищунго гӏажаиблъизавуна тарихалде бугеб гьезул рокьиялъ. Нижер росдал чигойищ вукӏинчӏев Кавказалъул рагъулъ? Шамил имамасул къокъадулъ бищунго гӏемераб хӏаракат гьабураб жамагӏат кинаб? Гьел ва цогидал суалал кьолаан гьез дие, сапаралда рукӏаго», — ян бицана Казбек районалдаса Мухӏамад-Апанди Дадаевас.\nГьалбадерида гьоркьов бищун кӏудияв сапарчи вукӏана лъабкъоялда анцӏилъе вахарав Данухъа Сагӏидбег Ахъаев. Гьесги цогидал гӏахьалчагӏазги цокӏалго загьир гьабуна гьадинаб пикру: нилъер тарих кӏочене бегьуларо; гьеб лъазабизе хӏаракат бахъизе ккола; хасго кӏудияб гӏелалда тӏадаб буго гьеб гӏолилазда малъизе, росуцоязулги ракьцоязулги бахӏарчилъиялъулги къохӏехьеялъулги хӏакъалъулъ гьезда бицине."}
{"slug": "20684-kercharal-burtabi-kela-kariyab-gan-kvanala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20684-kercharal-burtabi-kela-kariyab-gan-kvanala", "title": "«Керчал буртаби кьела,кьарияб гьан кванала»", "date": "2022-11-02 15:58:27", "categories": ["magiarukh"], "text": "22 октябралда Болъихъ районалъул Рахатӏа росулъ тӏобитӏана гӏажаибго берцинаб тадбир. Нус-нус соназ нилъер умумузги ретӏараб, магӏарулазул тарихалъул чанги рохарабги пашманабги лъугьа-бахъиналъе нугӏлъунги букӏараб буртинадуе сайигъат гьабураб байрам букӏана гьениб. 1924 соналъ гьениб рагьана «8 марталъул» цӏаралда буртаби гьарулеб артель. Кӏватӏичӏого нусго сон бай кӏодо гьабизе хӏадурлъулеб артелалъ бессун, жакъаялде щвезегӏан къачӏан, къватӏибе биччараб буртинадул рикӏкӏен лъалев чи гӏицӏго Аллагь гурони ватиларо. Рахатӏа гьабураб буртина ретӏана Кубаялъул нухмалъулев Фидель Кастроцаги, араб гӏасруялъул 30-абилел соназ аэропланалдаги рекӏун, тӏоцеве мугӏрул габурлъухъ рещтӏарав машгьурав воржухъан Георгий Байдуковасги ва гӏемерал цогидазги.\nЦохӏо рохел буго, дида гьеб лъала,\nМун даим хутӏизе буго, Дагъистан.\nХанжарги тӏагъурги магӏидаги бан,\nМун бихьула дида даим чӏагояб;\nДоб Петербургалда пача тӏуркӏараб,\nГьундул бусада гъоркь шагьал сорораб.\nМагӏарулас жакъа жиндирго тӏохда,\nТӏаргъикьаги бахъун цӏала хъалиян.\nХӏамзатил Расулил «Ханжарги тӏагъурги магӏидаги бан» абурал мухъал цӏалулаго, пикарабалъ гьеб кӏиялдаго аскӏоса баккун бачӏуна чара гьечӏого гьезда аскӏоб букӏине рекъараб цоги сурат. Гьеб буго магӏарул буртина. Буртина кидаго букӏана умумузул сапаралъ рахъунелъул цадахъ босулеб аслияб ретӏеллъун.\nБуртина бихьула гӏасрабазул гъатги рагьун, тарихалъул гъварилъуде ваккидал магӏарул чиясда тӏад. Буртина ретӏун гурони цеве чӏезавун бажаруларо доб заманалъги гьанже вугевги вехьги. Магӏарул буртина магӏарул тӏагъур — чанцӏул гьел рагӏаби нилъеда рагӏарал кочӏолъги, харбилъги, халкъиял биценазулъги. Вехьасул буртинаялда гъоркь хинлъун хвалдаса хасарлъана чанги, согӏаб кьиндалил сордоялъ гьабураб загӏипаб кьегӏерги. Буртинаялде гъорлъеги ячун хинлъизаюна чанги магӏарул гӏолилас жиндирго рекӏел гьудул, гьебго буртинаялда гъорлъ, чотӏеги йосун, хъамуна тухум-кьибилалъулгун кьалги ахӏун, рокьи ккарай яс. Буртина букӏана умумузда тӏад кидаго кьалде рахъунелъулги, гьелда тӏадги лъун рачӏунаан къадаралде щварал бихьиналги.\n«Рахалазул бечелъи»\nГьединал пикрабигун бухьана сапар Рахатӏе. Анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сон бана гьеб росулъа дирго гӏелбащадав Казимилгун лъай-хъвай ккаралдаса. Гьесда цадахъ ана дун рахатӏисезул байрамалдеги. Роцӏцӏараб хаслихълъиялъул къо букӏана.\nРиидалилгун къо-лъикӏги гьабун хасалилгун дандчӏвай гьабизе хӏадурлъулеб букӏана тӏабигӏат. Меседилаб кьер рехун букӏана хьиндаллъиялъул ахал берцин гьарурал гъутӏбузде.\nБакълъулазул росдае саламги кьун, риидалил цӏадаз гьалаг гьабун букӏараб, гьанже гӏодобе биччараб бакъаналда чвахун унеб Гӏандигӏурул рагӏалккун бугеб хъилтӏураб нухдасан эхеде рачӏунел рукӏана ниж. Церехун рукӏана гӏемерал рагъалги къварилъабиги рихьарал балъхъадерил росаби: Кьокъ, Гӏортӏаколо, Муни.\n1999 соналъул август моцӏги кӏочон батиларо лъиданиги. Ансалтӏа, Тӏандо, Рахатӏа — цоцазда аскӏор ругел гьеб лъабабаго росдаца къулчӏизе ккана дол балагьалде сверарал къояз босун бачӏараб къварилъиялъул кьогӏлъи. Тӏандо росу доб мехалъ тӏубанго биххизабуна. Гьанже цогидаб бакӏалдеги рахъун цӏияб росу бан буго гьез. Рахатӏе щвелалде нухда батула Цӏияб Тӏандо.\n23 соналда жаниб лъалаго хисун буго Рахатӏаги. Чанги цӏиял минаби эхетун ругоан гьенир. Росулъе рачӏунаго тӏоцебе бер речӏчӏулеб бакӏалда эхетун буго бакъуда данде кенчӏолеб мажгит. Цебе букӏаралдасаги жеги берцинлъун ва гӏатӏилъун бугин росуян бицана Казимица. Амма гьеб киналдасаго бищун интерес букӏана жакъа букӏине бугеб тадбиралъул. Сверун маххул хьуриги ккун бацараб спортивияб майданалда жаниб кинабго къачӏан букӏана байрамалъе. Майданалъул бакьулъ гьабураб сценаялда нахъа бан бугеб баннералда, чӏахӏахатӏалъ хъван букӏана «Буртаби — рахалазул бечелъи» абун. Буртаби рукӏана тадбир тобитӏулеб бакӏалда киса-кирего лъун. Гьел ран рукӏана къадада, гьелги ретӏун чабхъад къачӏарал умумул гӏадин эхетун рукӏана рахатӏисезул бихьиназул 50-гӏанасев чи.\nМайданалъул цояб рагӏалда рагьун букӏана гьеб къоялъ буртаби гьарулеб гьитӏинабго артель. Микьгогӏанасей чӏужугӏадан жиде-жидер ишалде йиссун йикӏана. Гьениб лъай-хъвай ккана 60-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ артелалда хӏалтӏарай Патӏимат Сайпудиновалъулгун. Гьитӏинай гӏолохъанчӏужу ячӏун йиго гьей тӏоцее гьение хӏалтӏизе. Байбихьуда йикӏун йиго квас чӏвалей гӏаданлъун. Хадуй мун махщалие ругьун гьайизе кколинги абун, хӏалтӏизе йитӏун йиго артелалъул нухмалъулелъ. Гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан хӏалтӏулейги йиго.\n— Гьеб заманалда жаниб дун йищана росдал советалъул депутатлъун, комсомолазул цеехъанлъун, гьединго бригадирлъунги хӏалтӏана, — ян бицана гьелъ.\n60-ялдасаги цӏикӏкӏун соналда жаниб чан буртинадай дур кверзукьа араб, гьелъул хӏисабго гьабунищин гьикъидал, гьадин бицана Патӏиматица:\n— Валлагь, миллионгӏанасеб буртина ун батила дир кверазукьа. Рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан хӏалтӏулаан артелалда. Киданиги хилипилъичӏо дирго махщалие, гӏолохъанлъиги гьалъие кьуна. Гӏумрудул бищун рохаралги пашманалги минутал буртинадуй рикьана. Жакъаги ругьунаб пишаялъе хисичӏого хӏалтӏулей йиго.\n— Цохӏо жийго хӏалтӏун чӏечӏо, нижги ругьун гьаруна гьеб махщалие, — ян, нижер хабаралде гъорлъе жуяна Патӏиматил яс Гьидаятги.\n— Чачаназул дораса Басаевасулгун Хаттабил къукъа росулъе бачӏараб 1999 соналъ гурони чӏечӏо артелалде хӏалтӏи. Гьеб мехалъ эбелалъ ругьун гьарун, нижецаго байбихьана рокъор буртаби гьаризе. Тӏолабго гӏумру кьуна эбелалъ гьеб хӏалтӏуе. Гьале жакъаги, рогьалил какги бан, хъата-масан артелалдеги йортун, жиндаго тӏадаб хӏалтӏиги тӏубан, жакъасеб тадбиралда гӏахьаллъизе ячӏана ай. Гьединай, кӏудияб яхӏалъул ва сабруялъул эбел йиго дир, — илан, гьелдаса бугеб чӏухӏиги рохелги бахчичӏо Патӏимат Сайпудиновалъул яс Гьидаятица.\nФидель Кастрое сордо биххун къачӏараб сайгъат\nНиж гара-чӏварулеб ругебгӏан заманалда жаниб буртина гьабулеб куцалъул хӏакъалъулъ цоги журналистасе бицуней цо ригь арай чӏужугӏаданалда бер чӏвана. Гьей ятана рахатӏисезул жамагӏатчӏужу Гӏайшат Гӏубайдулаева. Квас самиялдаса байбихьун, лъугӏизегӏан буртина гьабиялъул тӏолабго тартиб мухкӏанго баян гьабуна гьелъ диеги. Самизеги самун, ххамида тӏад тӏибитӏула квас, хадуб тӏаде бухӏараб лъимги щван, ххамгун цадахъ гурула гьеб. Хадуб столалда тӏадеги босун, кӏиго чӏужугӏаданалъ тӏаделъун зурула гьеб гури. Халатккун заманалъ руччабазул къвакӏарал квераз гирулеб гьелъухъги валагьун, богорокъор коронибе рехилалде чед гурулей богогьаналда релълъун рихьана дида гьел. Гьедин, квераз зурун, цоцалъ квасги жубан лъугьараб буртина босула цогидаб столалде ва цӏакъго тӏаде гурун бачӏараб рас нахъе инегӏан хъвагӏала. Хадуб цӏвак-цӏвакиялда бугеб гьеб босула лъелъ ччузе, гьениса нахъеги босун, гъорлъа лъим бецӏцӏезегӏан кӏобокӏула. Гьел киналго «технологияздаса» хадуб буртина уна рукъарухъабахъе. Гьез жаниб ххамги ккун, кӏигъуждулъа бакӏалги къачӏан лъугӏараб буртинаялъул жанисеб рахъалда куналъ угьула рахатӏисезул мугьру. Берцинаб накъищги тӏад угьун къачӏан лъугӏараб буртина уна жиндирго бетӏергьанасухъе. Гьеб кинабго хӏалтӏи дирго берда цебе ана араб шамат къоялъ. Палхӏасил, цо буртина гьабизе балеб буго ункъо сагӏат.\nЦӏакъ хабар гьуинай гӏадан ятана рахатӏисезул жамагӏатчӏужу Гӏайшат Гӏубайдулаева.\n— Дир эбелги, гьелъул эбелги, киналго дир яцалги – тухумалда ругел киналго руччаби, дун хутӏизегӏан, хӏалтӏана артелалда.\n— Мун кин хутӏарай гьелъие ругьун гьайичӏого?\n— Аллагьасхӏаги лъаларо (елъулаго). Яцалги, эбелги, кӏодоэбелги хӏалтӏарал гӏелин гьениран тун батилаха дица. Амма дунго хӏалтӏичӏониги кидаго хирияб букӏана дие артель. Нижер рахатӏисезул чӏухӏилъун буго гьебги гьениб гьабулеб буртинаги.\nГӏайшатица лъай-хъвай гьабуна дир 30 соналъ артелалъе нухмалъи гьабурай Патӏимат Ражабдибировалъулгун. Гӏунтӏун гӏансагун ячӏана гьей тадбиралда гӏахьаллъизе. Бищунго цӏикӏкӏун соназ буртабазул артелалъе нухмалъи гьабурай гӏадан хӏисабалда кӏалъазе рагӏиги кьуна гьелъие.\nАнцӏго минуталдасаги цӏикӏкӏун заманалъ кӏалъаниги чӏамучӏаб, гъорлъа рагӏи рехизе бегьулеб калам букӏинчӏо гьелъул. Бицана тӏоцее жийго артелалде хӏалтӏизе ячӏараб куцалъул, гьенир хӏалтӏарал гӏадамазул.\n— Кӏиго эбел буго буртинадул. Кьучӏ гьелъие лъуна Гӏандиб, гьабизе байбихьана Рахатӏа. Гьединаб бечедаб кӏудияб тарих буго буртинадул. Нусго соналде гӏагарлъулеб буго росулъ тӏоцебе артель рагьаралдаса. Гьеб заманалда жаниб Рахатӏа гьабураб буртина щвечӏеб бакӏ хутӏичӏо дунялалда. Дун чӏухӏула гьединаб кӏудияб тарих бугеб артелалъул хӏалтӏуда гьоркьоб бутӏа лъезе щвеялдаса. 30 соналъ нухмалъи гьабуна дица гьелъие. Гьел рукӏана унго-унгоги талихӏал сонал. Дида аскӏор рукӏана гьабулеб хӏалтӏуде рокьиги бугел, захӏматги хириял гӏадамал. Гьезие мисаллъун йикӏине хӏаракат бахъана дица лъеберабго соналъ. Жакъа дие баркала кьезе бокьун буго дунгун цадахъ гъежгурун хӏалтӏарал росуцоязе. Гьезул цо-цоял жакъа чӏаго гьечӏо, доб мехалъ бахӏарго рукӏарал херлъана, дунги гӏанситӏе ккана. Амма жакъа дие нух буго гӏумрудул сонал гӏадада инчӏин абизе. Гьеб буго бищун кӏудияб рохел.\nЖеги чанги берцинал рагӏаби абуна Патӏимат Ражабдибировалъ. Бицана Рахатӏа гьабураб буртина, 1960-абилел соназ Расул Хӏамзатовас Кубаялъул вукӏарав нухмалъулев Фидель Кастрое сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъги. Хӏамзатил Расул гьениве унев вукӏин лъайдал, сордо биххун хӏадурун буго доб мехалъ артелалда хӏалтӏулей йикӏарай Исраилова Хадижатица буртина. Нусиде сонал гӏагарлъулей чӏужу хванин гьей дагьай цеегӏанин бицана рахатӏисез. Буртина кьолаго Фидель Кастроде Расулица гьабураб кечӏ Рахатӏа букӏараб тадбиралда рикӏкӏана Хадижат Исраиловалъул ясалъул, ясалъул, ясалъул ясалъ.\nЖеги цебеккун киданиги буртина бихьун букӏинчӏев Ф. Кастроца Расулида гьикъула гьалда маргъалал щай гьечӏелин абун. Буртинаялда маргъал рахалебги, маргъал ричӏулебги гӏадат гьечӏин магӏарулазул. Пиридул хехлъиялда гъуждуздаса гьебги рехун, буртинаялда гъоркь борчун бугеб ханжарги лъалиниса бахъун, тушманасул бетӏер къотӏун рехулин гьезин жаваб кьун буго Расулица Ф. Кастрое.\nРахатӏисезул лъетӏа хӏалтӏулеб гьобо\nКъадикакалги ран гьалбал кваназе рачана тадбиралъул аслияй хӏаракатчӏужу Патӏимат Мухӏамадзагьидовалъ. Буртабазул байрам тӏобитӏиялъе кьучӏ лъурай, кинабго ишалъе цеехъанлъи гьабурай гӏадан ккола гьей. Гьединго гьаний рехсечӏого гӏоларо Рахатӏа буртабазул кружокалъул нухмалъулей Патӏимат Мухӏамадоваги. Шамат къоялъ букӏараб тадбир берцинго нуха регӏизе П. Мухӏамадзагьидовалда цадахъ гъежгурун хӏалтӏарай гӏадан йиго гьейги.\nХадуб букӏана Рахатӏа росдал басрияб авалалъулгун лъай-хъвай. Росу рагӏалда гӏадин бугеб лъел гьобо. Умумузул заманалдаго бан букӏараб гьеб гьанже цӏигьабун къачӏан буго Рахатӏаса Гъайирбегов Гъайирбегица. Гьесул вас Нурмухӏамад ватана нижеда гьабихъ. Кӏиго рокъоб ххенолеб бугоан хьон. Лъагӏалица чӏечӏого хӏалтӏизабулеб буго Нурмухӏамдица гьобо. Москваялде гӏунтӏун бичизе унеб буго гьениб ххенараб хьон. Бищун рагӏалда бугеб рокъоб бугоан кӏиго цӏогь, киса-кибего букӏана рацӏцӏа-ракъалъи. Гьабида цебе гьабун бугеб хӏорихъ лъедолел рукӏана хъазал. Гьабихъе лъим бачӏунеб рахъги бугоан берцинго къачӏан. Бербахилаб хӏалалда гӏуцӏун бугоан кинабго хӏалтӏи. Гьелъ асар гьабичӏого хутӏичӏо нижееги.\nНурмухӏамадица кьураб хьодул тӏагӏамалъул хӏалги бихьун, бакъаникакалги ран, нухда рахъана.\nКъо-лъикӏ некӏсияб магӏарул росу."}
{"slug": "20728-bekarab-khiarchchda-nakh-a-pak-ir-musakh-ralagun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20728-bekarab-khiarchchda-nakh-a-pak-ir-musakh-ralagun", "title": "Бекараб хӏарччда нахъа, пакъир Мусахъ ралагьун", "date": "2022-11-07 14:21:03", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Тӏобитӏанаха иргадулаб конференция. Конкурс, гургинаб стол, сессия, семинар, сваказегӏан тӏоритӏана дуниял чӏухӏарал нилъер шагӏирзаби кӏодо гьарун ясли-ахазда, школазда, щибаб вузалда, киналго идарабазда, шагьаразда, районазда, росабалъ юбилеязда хурхун тадбирал. Абуна, ахӏана, бицана, хъвана гьезул кӏодолъиялъул, гӏакъиллъиялъул, гьезул асаразул гъварилъиялъул, кӏалдиб гьеб мацӏалъул гьуинлъиялъул, пасихӏлъиялъул, гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъе гьел асаразул бугеб кӏваралъул… Лъугӏана! Рагӏа-ракьан гьечӏеб ралъдал карачел гӏадин, нилъеде тӏаде гьулчун рачӏарал байрамал лъугӏана. Ралъад нахъе ана. Щибха хутӏараб?\nХутӏана бакъуца бухӏараб, кьватӏ-кьватӏараб ракъдаллъи ва довго хурив довго Муса. Анкьие кьураб добго цо сагӏаталъ лъималазда рахьдал мацӏ малъулел мугӏалимзаби. Тӏубараб классалъе бихьизе щвараб цо-кӏиго цӏалул тӏехьалде къулун цӏалдохъаби. Къваригӏарал жал гуро гьел нужер рахьдал мацӏал, ЕГЭ кьуни гӏун бугилан гьуя бачунел завучал. Зарал жиндие гьечӏони, сундулго кӏвар гьечӏилан директорзаби. Нилъ нахъе ккарал чагӏийищила рахьдал мацӏалда гаргадизейилан бегавулзаби. Бицинарила, валлагь, магӏарулалъ, аб жидер хӏалтӏи хӏакимзабазда бихьизе ва бичӏчӏизе кколарищилан районазул нухмалъулел. Кибниги бицунареб ва къваригӏунареб мацӏ жидер лъималазе щайила, жидеца ингилисгун китай мацӏ лъазабилилан улбул… Огь, бухӏаяб дуниял!\n…Лъиеха Расулицаги Фазуцаги тараб, дунялалда гъар-гъар базабураб жидерго шигӏру?! Гьадинаб бечедаб, гӏакъилаб, гъваридаб адабияталда малги бан, сундул кьучӏалдаха нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьезе бугеб? Тарбияго кьечӏого, дунялалъул гьураз рахъ-рахъалде хъамулелищ тезе ругел нилъеца наслаби?\nГьеб адабият къваригӏунебго батичӏони, гьаб хӏалалъ шагӏирзабазул юбилеял гьариялъул магӏна щиб? Магӏарул мацӏалде данде хӏалтӏи гьабулеб районалда Расулги, Фазуги, цогидалги кӏодо гьариялдаса кӏудияб кӏигьумерчилъи бихьанищ нужеда? Юбилеялъул бакӏалда киналго тадбирал магӏарул мацӏалда рачине хӏукму гьабуни, Расулил рухӏниги бохилаан. Рахьдал мацӏалъе кьурал сагӏталги тӏаса рахъун, Фазул юбилей тӏобитӏулеб школалъул директорасда ракӏалда щибдай букӏунеб? Шагӏиралъул хӏурматалдайилан щуго сагӏат щай анкьие кьолареб рахьдал мацӏ лъазабизе? Гьеб гурищ Фазуе сайигъат?\nМоскваялъ юбилеялде биччараб гӏарцухъ Расулил рахьдал мацӏ гурищ кӏодо гьабизе кколеб букӏараб? Киналниги Дагъистаналъул халкъазул мацӏаздаги, адабиятаздаги, маданиятаздаги гурищ квер чӏвазе кколеб букӏараб? Гьеб гӏарцул гьитӏинаб бутӏа гӏолаан Дагъистаналъул киналго цӏалдохъабазе тӏахьал ва мугӏалимзабазе къваригӏанщинаб чӏезабизе.\nУнгоги нилъ Расулилги Фазулги хӏурматалда тадбирал тӏоритӏулел чагӏи ратании, рачӏа рахьдал мацӏазе кумек гьабизе, магӏарул районазда байбихьул классазда дарсал авар мацӏазда кьезе, гьезие цӏалул тӏахьал чӏезаризе, рес бугеб щинаб бакӏалда магӏарул мацӏ бицине, шагӏирзабаз, хъвадарухъабаз, тарихчагӏаз, гӏалимзабаз нахъе тараб рухӏияб бечелъиялдаса пайда босизе. Гурони, ахиралдаги нилъ хутӏизе руго бакъуца бухӏараб, кьватӏ-кьватӏараб ракьалда, бекараб хӏарччда нахъа, Муса хуриса вуссиналъухъ ралагьун.\nКӏигьумерчилъи буго кутакалда сурараб пиша."}
{"slug": "20751-rakialdeshchveyazul-chiago-vugo-mun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20751-rakialdeshchveyazul-chiago-vugo-mun", "title": "Ракӏалдещвеязулъ чӏаго вуго мун", "date": "2022-11-10 18:31:24", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Къого сон ана экстремизмалде ва уголовнияб хъачагълъиялде данде къеркьолеб управлениялъул нухмалъулезул цояв, полковник Гӏакъилов Ахъбердилав чӏваралдаса. Гьесул хӏакъалъулъ гьаб гьитӏинабго макъала хъвалалъул, ракӏалде рачӏана мунагьал чураяв Гъоркьа Бакълъухъа Жабрагӏил Хӏасановасул кочӏолъа гьадинал рагӏаби:\nХутӏуларо нахъе гьадинал чагӏи,\nХола унтичӏого чияр кверакьа.\nТоларо ракьалда гьадинал чагӏи,\nРукьбузе гурони щоларо хӏалхьи.\nГьадинал чагӏазе гӏумру кьоларо,\nГӏурдаде уна гьел къо бащалъукьго.\nКъватӏибе кӏанцӏула гьалдолеб хъазан,\nХъвала къоноялда къимат тӏокӏаб цӏар…\nА. Гӏакъилов гьавуна 1958 соналда Гӏахьвахъ районалъул Лологъонилъ росулъ. Росдал школа лъугӏидал, цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул медучилищеялде. Гьенив цӏалулаго жигараб гӏахьаллъи гьабулаан училищеялъул жамгӏияб гӏумруялъулъ. Гьев вукӏана милициялъул оперативияв кумекчилъун. Гьесул анищго букӏана гӏадлу-низам цӏуниялъул органазда хӏалтӏизе. Ва ахир-къадги гьеб мурадги тӏубана. Хӏалтӏана судалъул секретарьлъун, Гӏахьвахъ раймилициялъул паспортазул столалъул начальниклъун. Цӏалана Оренбургалъул Юридикияб институталда ва хӏалтӏана Буйнакск шагьаралъул жанисел ишазул уголовнияб цӏех-рехалъулаб отделалъул начальниклъун.\n1998 соналда гьев тӏамуна ДРялъул МВДялъул гӏадамал рикъиялда данде къеркьолеб управлениялъул (УБПЛ) начальниклъун.\n2001 соналда тӏамуна ДРялъул МВДялъул терроризмалде ва экстремизмалде данде къеркьолеб управлениялъул начальниклъун (УБТЭ).\n— Лъикӏав хӏалтӏухъан гуребги Гӏакъилов вукӏана лъикӏав эменги. Эркенаб заман дагьаб гурони букӏунароан гьесул. Гьебги лъималазе тарбия кьолаго тӏамулаан. Рукъалъ вукӏана гӏагарал чагӏазухъ. Букӏинчӏо живго бетӏергьанаб дачацин. Рокьулаан чуял, спорт, гӏемер цӏалулаан художествияб литература. Гӏакъилов вукӏана гьудулзаби хирияв чи, — ян бицана хасал кӏвар бугел ишазул рахъалъ кӏудияв оперуполномоченийлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Жаватхановас.\nУОПалъул начальниклъун вукӏарав А-Н. Магьдихӏажиевас гьадин ракӏалде щвезавулев вуго Гӏакъилов:\n— Гӏуцӏун гьабулеб такъсирчилъиялде ва ришватчилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ управлениялъул бищунго лъикӏав хӏалтӏухъан вукӏана А. Гӏакъилов. Гьесул хӏаракаталдалъун бащдаб моцӏалдаса цӏикӏкӏараб заманалда жаниб тӏатинабуна Гъизляр, Каспийск, Буйнакск, Махӏачхъала шагьаразда ва Дербент районалда уголовниял ишал гьарураб ришватчилъиялда хурхараб 22 хӏужа. Тамихӏалде цӏаразда гъорлъ вукӏана анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун милициялъул хӏалтӏухъанги.\n— Цо нухалда Буйнакск шагьаралда дандчӏвазе кколеб букӏана такъсирчагӏазул кӏиго къокъа. Гьединаб дандчӏвай, гӏемерисеб мехалда, лъугӏулаан чӏвай-хъвеялдалъун. Гьединлъидал, гьеб гьукъиялъе къватӏире рахъине кколел органазул хӏалтӏухъабазе нухмалъи гьабизе тӏадкъан букӏана Гӏакъиловасда. Гӏезегӏан гӏакъилго тӏобитӏараб операциялъул хӏасилалда, кӏвана такъсирчагӏазда гьоркьоб ккезе бегьулеб букӏараб тунка-гӏуси гьукъизе гуребги, гьезул 60 чи кквезеги. Гьезда гьоркьор ратана цӏех-рехалъул органаз ралагьулел рукӏаралги ва кӏиго соналъ цеве туснахъалдаса лъутаравги, — ян бицана МВДялъул анлъабилеб управлениялъул кӏудияв оперуполномоченийлъун хӏалтӏарав Мурад Мукагӏиловас.\n— Гӏакъилов вукӏана бажари бугев, иш лъалев, къвакӏарав чи. Гьес бетӏерлъи гьабулеб букӏараб экстремизмалде ва уголовияб хъачагълъиялде данде къеркьолеб управление гӏуцӏун букӏана хӏалбихьиялъе, Дагъистаналда букӏараб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун. Цогидал регионазда букӏинчӏеб гьеб гӏуцӏиялъ лъикӏаб хӏасилги кьуна. Амма гьеб, тӏоцебесеб иргаялда, бараб букӏана гьелъул нухмалъулесул бажариялда.\nАхъбердилав вукӏана аваданав чи. Гьесие хасиятал рахъаллъун кколаан гӏадатлъи, хӏалтӏулъ тӏадегӏанаб жавабчилъи. МВДялъул министрлъун вукӏарав Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасги кидаго лъикӏаб къимат кьолаан гьесие, — ян бицана полковник Гӏабдулатӏип Гӏабдулатӏиповас.\nХӏалтӏулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе ва тӏокӏлъабазе гӏоло гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Щвана гьесие кӏиго Бихьинчилъиялъул орден, «Ватӏаналда цере гьарурал хъулухъазе гӏоло» орденалъул кӏиабилеб даражаялъул медаль, гӏемерал грамотаби, хасаб цӏар тӏад хъвараб ярагъ. Гьесул цӏар кьун буго Лологъонилъ росдал школалъе, бюстал лъун руго Къамиш-хъутаналъул гимназиялда ва росдал школалда.\nКӏудиябросулъа Муртазагӏалиевалъ Гӏакъилов чӏвайдал гьабураб назмуялда руго гьадинал рагӏаби:\nЗиргъун роцӏараб къо, къалъараб заман,\nКъалъуда кваназе рокъове унев.\nЛъаларо, щиб ккараб, щай мун тохлъарав,\nТушманасде данде кватӏун кин ккарав?\nЧанги захӏмат-кьалда чучичӏеб дур черх\nЦохӏо-цо гуллие чучилароан.\nГьебги лъан рачӏана дол дуде данде,\nАскаралъе гӏураб гулла-хер босун.\nДур чӏухӏараб гьумер, дур гьайбатаб черх,\nЖегиги хъачагъал хӏинкъулел дукьа.\nХутӏараб замана сородилаго\nИне бугеб гьезул гьаб дунялалда.\nЦохӏо эбел-инсуй, вацал-яцазе,\nХъизан-лъималазе камун хутӏичӏо.\nМун камуна тӏолго Дагъистаналъе,\nМун камуна дурго гьудулзабазе."}
{"slug": "20774-gitiinav-bakhal-l-uga-bakh-inal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20774-gitiinav-bakhal-l-uga-bakh-inal", "title": "«Гьитӏинав Бахал лъугьа-бахъинал»", "date": "2022-11-14 13:54:16", "categories": ["obshestvo"], "text": "Фильмалъе сценарий хъвана ВГИКалъул щуабилеб курсалъул студентка Анна Вейнертица. Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда гьелъ бицана Дагъистаналде ва гьелъул халкъалде бугеб гӏащикъаб рокьиялъ бижизабунин фильм бахъизе пикру.\n– «Гьитӏинав Бахал лъугьа-бахъиналъе» дица сценарий хъвана ВГИКалъул тӏоцебесеб курсалда цӏалулеб заманалдаго. Гьабсагӏаталда дун йиго щуабилеб курсалда ва гьеб сценариялда рекъон бахъараб кино гьанжеялдего бихьизабулеб буго кинотеатразда. Гӏажаиблъи гьечӏищ гьеб? Сценарий хъвалаго дун ургъичӏо, кинаб бакӏалда гьеб бахъизе бугебали. Амма бичӏчӏулеб букӏана гьеб Кавказалда бахъизе букӏин. Кинабго тӏубана продюсерас гьеб цӏалидал. Гьесда бичӏчӏана кино Дагъистаналда бахъизе кколеблъи!\nДун гьелдаса цӏакъ йохана. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе киокушинкай абулеб каратэялде хьвадулаан. Дир тренер-мугӏалим вукӏана дагъистанияв — Шарип Мазгаров. Нижеда цадахъ цо залалде, тренировкабазде хьвадулаан гьесул яц, вацазул лъимал — Ахӏмад ва Шамил. Москваялде гочарав Эмил Жафаров — цӏар рагӏарав каратэялъул тренер- гьев заманаялъ нижер залалде вачӏана. Дир гьесулгунги лъикӏаб гьоркьоблъи букӏана. Дие бокьулаан дагъистаниязул гӏодоре риччай ва сабураб, бихьинаб гӏамал. Дидехун гьезул букӏараб лъикӏаб бербалагьиги, яцалъул гӏадин гьабулеб тӏалаб-агъазги цӏакъ бокьулаан. Тренерасул гьез гьабулеб адабги букӏана гӏажаибго хӏурматияб, къиматаб ва берцинаб. Дида гьеб кидаго берцин бихьулаан. Гьез бижизабуна дир рекӏелъги Дагъистаналде рокьи.\nДир сценариялъул героясда цӏар буго Баха. Гьесулъ лъуна дица, дидаго лъачӏого, диего рокьулел (доб залалдаса) васазул гӏамал. Амма бер ва гӏакълу цӏодорал продюсерал — Владимир Малышев ва Федор Поповасда, художник Вячеслав Видановасда, режиссер Александр Габилинида бичӏчӏана дир героясулъ тӏолабго Дагъистан букӏин. Тӏоцебе дида Чӏохъ росдал сураталги аслияв герой Гӏамирилги суратал рихьидал бичӏчӏана гьениб цо гӏажаиблъи букӏин. Щайгурелъул гьеб гьумерги, мугӏрулги рукӏана дир пикрабалъ сценарий хъвалаго.\nУнго-унгоги гӏажаиблъи гьечӏищха кино бахъи!\nБищунго гӏажаибаб жо, дун жеги Дагъистаналде щвечӏолъи. Дица дирго фильмалда гьеб ракь кӏодо гьабун хъвалеб бугониги, дида жеги гьеб бихьичӏо. Гьединлъидал ракӏалде ккана Дагъистаналдеги щун, «Дагъистан — чӏужугӏаданалъул бераздалъун» абураб видеоблогги бахъизе. Гьеб бакӏалъул гьайбатлъиялъулги гьенир ругел гӏажаибал гӏадамазулги ракьалде щвезе цӏакъ бокьун буго. Гьединго Махӏачхъала ва Дербент бихьизеги бокьилаан. Ракӏчӏун абизе кӏола, гьеб бихьилалдего, сценарий хъвалелъул дир рекӏелъ бижараб Дагъистаналъул асар гьение щун хадуб жеги цӏикӏкӏине бугеблъи, гьенир гӏемерал берцинлъабиги ратизе ругин, жеги киноялъе сценариял хъвазе.\nДагъистаналъул халкъалда абизе бокьун буго: «Россиялъул культураялъе нуж руго багьа гьечӏел, гӏадлу-низам бугел, кӏудияздехун адаб-хӏурмат цӏунарал, гӏакълу камилал, Россиялъе гьечӏого гӏолорел хараби ругеб, тӏину гьечӏеб кӏкӏал кинигин Россиялъе хӏажатаб Дагъистан! Нилъеда тӏадаб буго Дагъистаналъул культураялъулги, Кавказалъул лебалал васазулги, намусал ясазулги, гьезул эбел-инсулги гӏемер бицине.\nРакӏ-ракӏалъго къвалги бан къочула дун нужеда!\nАнищ буго киноактерлъун вахъине\nДагьаб цебегӏан Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъе рачӏун рукӏана Россиялъул халкъияв артист ва режиссер Александр Галибинил кинофильмалда аслияб роль хӏарай Авар театралъул хӏалтӏухъан, республикаялъул мустахӏикъай ва халкъияй артистка Хӏамзатова Зайнаб. Гьелъул васасул лъимадул роль хӏана 8 сон барав, №13 школалъул тӏоцебесеб классалъул цӏалдохъан Гӏамир Мухӏамадовас.\nФильмалъул бицунаго, гьадин абуна З. Хӏамзатовалъ:\n— Кинофильм бахъизе гьезда кин ракӏалде ккарабали лъаларо, режиссералгун, сценаристалгун гӏемераб халкъ бачӏана Махӏачхъалаялде. Жидеего данде кколел актерал ралагьизе байбихьана гьез театразде, школазде хьвадун. Дунги ахӏана гьез Гӏурус театралде. Гьенире ахӏаразда малъулеб букӏана щиб гьабизе кколебали, суалал кьолел рукӏана, кинаб бугониги роль хӏазе тӏамуна. Гьеб киналъухъго халги гьабун, жидеего данде кколел ралагьулел рукӏана гьез. Тӏаса рищаразулгун къотӏи-къайги гьабун бицана кире ине ругелали, чан къо базе бугебали.\nКинофильм бахъизе режиссерасда, сценаристасда ва гьел гурел цогидаздаги данде кколеб бакӏ батун буго Чӏохъ росу. Гьениб бугеб гьава-бакъги, рукъзалги, кинабго данде ккун буго. Гьеб бахъизеги тӏаса бищун буго чӏунтараб цо некӏсияб рукъ. Дагьабго релъен-хъвайги гьабун, жидеего данде кковухъе къачӏа-кӏатӏанги бугоан гьез гьеб.\nЦинги байбихьана… Рогьалъилъ щугоялда рахъине кколаан тӏаде. Сагӏат анлъгоялда рачӏунаан кӏудиял машинаби «выезд-вниз» абун хъварал. Гьездаги рекӏун унаан кино бахъулеб бакӏалде.\n— Баха щивха дуе кколев вукӏарав?\n— Гьитӏинав Баха вукӏана дир кӏудияв васасул вас, нижер хъизамалда гьоркьов гӏолев вугев. Гьесда бихьулеб букӏана нижер рокъоб лъугьа-бахъунеб щибаб жо. Дир росги хун, кӏиявго васги хутӏун вугелъул, цояв Москваялда, цогидав гьанив — кинабго жо гьабизе бажаруларев, хадув гъоларев. Росулъ дагьаб жойищха букӏунеб магӏишат данде бачине ккани. Цинги гьав Баха, щиб нижеца цоцалъ бицунеб бугониги, гьоркьове жувазе бокьун, кумек гьабизе къваригӏун вукӏунаан. Цӏакъ гӏакъилав, цӏодорав, щиб гьабунги гьабизе бокьулев вас вукӏана.\n— Гьеб фильмалдалъун щиб бихьизабизе бокьун букӏараб режиссерасе?\n— Дида ккола, гьесие бокьун букӏун батилин нилъер рокъоб букӏунеб хъизамазул гӏолеб-гӏолареб рахъ, щиб кколев рукъалъул аслияв бетӏер, цоцазулгун гьоркьоблъи бихьизабизе. Мискинал ругониги, цоцаздехун хъизамалъул бугеб адаб, рокьи, эбелалъул гьабулеб хӏурмат. Гьеб кинофильмалъухъ балагьаразда бичӏчӏизе буго кинабго.\nРежиссерас абулеб букӏана, жив цӏакъ хӏинкъун вукӏанила фильм бетӏералде бахъиладайин абун. Амма бажаридал, гьесул букӏараб рохелха. Жив кутакалда рази хутӏанила ва кӏудияб асар гьабунила ракӏ лъикӏал, гӏадан хириял, гьобол къабул гьавулел гӏадамаздасаян вукӏунаан. Бетӏер гӏодобе къулун хӏурмат гьабулила жинца гьаб мугӏрул халкъалъулин абулаан.\nБаха – Мухӏамадов Гӏамир. Гьавуна ва гӏуна Махӏачхъала шагьаралда. Цӏалулев вуго №13 школа-гимназиялъул тӏоцебесеб классалда. Гӏамир вуго шагьаралда гӏурав, магӏарул миллаталъул вас. Гьесул эмен ккола Чӏарада районалдаса, эбел — Юждагъалдаса лезги миллаталъул гӏадан.\nГӏамир школалде гуребги хьвадулев вуго театралияб студиялде, лъазабулеб буго гитара хъвазе, футбол хӏазе, кьурдизе, гимнастика.\n«Бахал» эбел Миланае суалал:\n— Милана, Гӏамир щай гьез тӏаса вищарав ва кин гьезда гьев ватарав кинофильмалда роль хӏазе вачине?\n— Гьев гьениве ккей бараб буго кастинг-директорасда ва режиссерасда. Анна Вейнертица жиндирго сценарий кьуна гьезухъе. Нилъер республикаялда кастинг гьабидал, гьенив бергьана Гӏамир. Рукӏана гӏемерал лъимал. Гьесул кинабго гӏамал-хасият, къаркъала данде ккана гьезие, хасго гьесул недегьго гьимулел чӏегӏерал берал.\nРехсараб фильмалда Бахае бокьулаан чӏахӏиязулгун гьудуллъи ккун, гьезухъ гӏенеккизе, пайдаяб жо лъазабизе. Гьес кутакалда кумек гьабулаан инсуе. Гьесие хасго бокьулаан хӏайваназулгун, гӏанкӏу-хӏелекодулгун, кутулгун гьудуллъи кквезе. Гьесул лъикӏаб гьудуллъи букӏана бачилгунги. Гьебгун гаргадулаан гьев.\n— Фильмалдаго гӏадав вугищ Гӏамир гӏумруялдаги?\n— Вуго. Гӏамир вуго гӏажаибав, гӏадамалги рокьулев, гӏадамазеги вокьулев, гӏамалги берцинав вас. Режиссерасеги цӏакъ вокьана гьев. Гьес абуна камералъеги вокьанин гьевин абун. Гьев нижер берзукь вукӏине кколин, нуж васги вачун Москваялде гочайин.\n— Букӏанищ Гӏамирие роль хӏазе захӏмалъиго ва гьесие бищунго захӏмалъараб щиб букӏараб гьеб фильмалда?\n— Гӏамирил букӏана цӏакъ захӏматаб роль. Амма захӏмалъиялъухъ балагьичӏого, режиссерасухъги гӏенеккун, гьес малъухъе гьабуна кинабго. Гьесие бищун захӏмалъараб жо букӏана ахиралда букӏараб сцена. Щайгурелъул гьес къад сагӏат лъабго тӏубаралдаса рогьалил хъахӏлъи рехизегӏан жиндаго тӏадаб хӏалтӏи гьабизе кколаан. Гьев вукӏана чваххун балеб цӏадакь хӏалтӏулев. (Цӏад базабулеб букӏана цӏа свинабулел машинабазул кумекалдалъун). Гьеб букӏана август моцӏалъул 31-абилеб къо, росулъ къасимех, цӏорораб гьури пулеб сордо. Вас вукӏана квачан, цӏоролев. Амма гьес гьеб хӏехьана. Дун хӏинкъун йикӏана гьев унтилилан. Аллагьасе рецц, унтичӏо.\nБаха вугоан гӏажаибго рекӏелъе вортулев, ракӏ жубарав, рази-ракияв, жиндирго берцинлъиялде тӏаде гӏамалги берцинав, кидаго гьимулев вас. Бихьулеб букӏана Гӏамирие роль хӏазе бокьулеб букӏинги, вагъа-вашаригицин бугоан гьесул унго-унгояв актерасул гӏадинаб. Дица гьесиеги кьуна чанго суал.\n— Гӏамир, роль хӏазе захӏмалъанищ?\n— Байбихьудаса цӏакъ захӏмат букӏана, цинги хадуб ругьунлъана.\n— Мун щай гьез тӏаса вищарав гьеб роль хӏазе? Дудаго кин кколеб?\n— Щайгурелъул гьев вас вукӏун дида релълъарав.\n— Дуе бокьанищха роль хӏазе?\n— Гьайгьай, бокьана. Дие бокьун буго киноактерлъун вахъине. Батӏи-батӏиял шагьаразде, пачалихъазде ине.\n— Разилъанищ дудаса режиссер?\n— Ракӏалде ккола разилъун ратилин абун. Щайгурелъул тӏадал масъалаби гьел разияб хӏалалда тӏуразаридалха дица.\n— Мун киноялдасан вихьун хадуб щиб гьоркьоблъи букӏараб гьудулзабазулгун, цадахъ цӏалулезулгун?\n— Гьел цин дида божуларого рукӏана, мун гурин гъов, цогидав вугин, дуца гьереси бицунеб бугилан абулаан. Хадуб кинабго бичӏчӏидал, диргун гьудуллъи жеги цӏикӏкӏана гьезул. Дир лъикӏал гьудулзаби руго. Фильмалдаса хадур жеги цӏикӏкӏана гьел.\n— Тӏоцеве мунго дудаго киноялда роль хӏалев вихьидал, кин букӏараб? Бокьанищ дуе дурго роль?\n— Бокьана. Гьеб бихьидал цин дир берал чӏахӏалъана, дун божулевцин вукӏинчӏо. Эбелалъ абуна гьадав вас мун вугин. Цинги божана дунги ва цӏакъ бокьана гьедин вихьизе.\n— Дурго анищазул бицани…\n— Дир мурад буго киноактерлъун вахъин ва гӏемерал пачалихъазде щвей. Гьединго бокьилаан гӏемерал чагӏазулгун лъай-хъваял гьаризе ва гьудулзабазул къадар цӏикӏкӏине.\n— Аллагьас нух битӏаги, дуе, гьитӏинав Баха."}
{"slug": "20796-kvatiun-ragarav-shagiir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20796-kvatiun-ragarav-shagiir", "title": "Кватӏун рагьарав шагӏир", "date": "2022-11-16 17:31:05", "categories": ["kultur"], "text": "Ваче дун, йокьулей, ваче дун, ваче\nГьаб гьерсил дунял тун даим рикӏкӏаде.\nБакӏал ургъелазул гъогъол гохӏилъа\nРухӏ кӏалзухъ букӏаго, ваче дун, ваче.\nВаче дун, ваче дун, ваче дун, дуца\nЧудказ балкан гӏадин тӏетӏезе тоге,\nТӏогьол байдабазде, Гӏободе ваче,\nЧуре рекӏел ругънал рокьул мацӏ бицун.\nТӏагьир Къурачевас ахӏулеб гьаб кечӏ цебего къабул гьабун букӏана халкъалъ. Амма, дидаго гӏадин, гӏемеразда лъалеб букӏун батиларо «Гӏободе ваче» абун йокьулелда гьарулев шагӏир щивали. Араб анкьалъул хамиз къоялъ ахӏи бачӏана Мухӏамад Гӏободияв Шамхаловасул тӏехьалъул презентациялде рачӏине кколин. Щив гьев, Гӏободияв Шамхалов, щай гьеб Махӏачхъалаялда тӏобитӏичӏеб? Каспийскиялда бугеб тӏахьазул тукадаги кинаб презентация букӏунеб? Гьединал пикрабигун, Зульфия Хӏажиевагун цадахъ ана гьенире.\nГьеб тадбир букӏинцин рагӏичӏей Баху Мухӏидиноваги цӏана цадахъ. Нухда унаго лъана Шамхаловасул тӏехьалъе редакторлъиги Бахуца гьабун букӏин.\n«Алифба» тӏахьазул тукадул батӏаго бицине бегьила, гьайбатаб, гӏатӏидаб бакӏ батана. Ниж дагьалъ кватӏана. Магӏарул миллияб хаслъиялда къачӏараб санагӏатаб бокӏоналда парахат гӏодов чӏун тадбир бачунев вугоан филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиев, гӏодорчӏаразул мухъилъги халлъана республикаялдаго лъалел магӏарулал.\nКочӏол роценалда чӏамучӏаб хабар гӏуцӏулелгицин жалго машгьурлъизаричӏого чӏоларо. Щайха магӏарулазда гӏатӏидго лъалев вукӏинчӏев Гӏободаса шагӏир Шамхалов? Тӏахьални киса гурин, гьесул гӏумруялъул баяналцин ратизе захӏмат буго Дагъистаналда. Шагӏирасул гӏагарав чи Махӏач Казиевас хӏаракат гьабун буго гьеб тӏехь бахъиялъеги. Презентациялда гӏахьаллъарав Казиевас бицана Мухӏамад Шамхаловасул хӏакъалъулъ, гьесул гьунаралъе гьудулгьалмагълъиялъ кьолеб букӏараб къиматалъул.\nКӏалъазе рахъараз бицунелдасаги бичӏчӏулеб букӏана Шамхалов шагӏир къеркьохъан, жиндиего захӏматаб, гӏемераздаги вичӏчӏизе бигьаяб гуреб хасияталъул чи вукӏараблъи. М. Шамхаловасулгун рукӏарал дандчӏваял, бахӏсал ракӏалде щвезаруна гьенир кӏалъазе рахъарал академик Шамил Гӏалиевас, гӏалимчи Гьарадерихъа Мухӏамад Мухӏамадовас, росуракьцояз, гӏагаожараз. Мухӏамад чӏаго вукӏаго Дагъистаналда гьесул тӏахьал рахъун рукӏаралани, цӏакъго лъикӏ букӏинаанин абуна кӏалъазе яхъарай Баху Мухӏидиновалъги.\nМухӏамад Шамхаловасул рокьул кучӏдузулъ Сергей Есенинил гӏадаб эркенлъи бихьулин жиндаян абуна, Шамхаловасулгун рукӏарал данчӏваязул бицунаго, Тӏагьир Къурачевас. Нилъерго республикаялда гьев гьанжелъизегӏан рагьичӏого хутӏиялъул ракӏбухӏиги загьир гьабуна гьес: «Мухӏамад чӏаго вугеб заманалда гьадинабго цо чанго тадбир тӏобитӏарабани гьесул гӏумру халалъилаанин ккола дида. Доб мехалъ гӏободисез, хундерица, дагъистанияз щибго тӏалабагъаз гьабичӏо гьесул тӏахьал рахъизеги, гьунар рагӏизабизеги».\nГ\nьенибго, данделъаразул гьариялда рекъон, Тӏагьир Къурачевас ахӏана шагӏирасул машгьураб «Ваче дун, ваче дун» абураб кечӏги.«Хехго ана дунялалдаса шагӏир Мухӏамад Шамхалов. Гьев вукӏана рахӏат бихьичӏеб гӏумруялъул, гьелдаго цадахъ Бетӏергьанас бечедаб гьунарги хасаб пагьмуги кьурав рагӏул устар. Цо рахъалъ гьединаб гӏумруялъе гӏайибияв вукӏана гьев живгоги, цогияб рахъалъ – гьесда рачӏел, гьесухъа мукӏур гьарун бажаричӏел гӏумруялъул шартӏалги». Гьадин ахир лъолеб буго тӏехьалъе хъвараб цеберагӏиялъе филологиял гӏелмабазул доктор А. Муртазагӏалиевас. Гьенир лъурал «Балагьаб, рахӏат бихьичӏеб гӏумруялъул» абурал рагӏабазги тӏамулел руго цӏалдолел\n2013 соналъ Аллагьасул къадаралде щварав Гӏободаса Мухӏамад Шамхаловасул шигӏрияб дунялалъул балъголъиялде раккизе.\nБаян\nМухӏамад Шамхалов гьавуна 1943 соналъ Хунзахъ районалъул Гӏобода росулъ. Москваялда, Максим Горькиясул цӏаралда бугеб Литературияб институт лъугӏизабун хадуб, гӏумру\nгьабун гьенивго чӏана. Араб гӏасруялъул 70-80-абилел соназ гӏурус мацӏалде руссинарурал Мухӏамад Шамхаловасул кучӏдул рахъана советияб заманалъул литературиял газетаздагун журналазда. Гьел асаразул цо-цоял ахӏана СССРалъул цӏар рагӏарал артистал Муслим Мухӏамаевас, Валентина Толкуновалъ, Ксения Георгиадица, Гия Бешиташвилица, «Верасы» ансамблялъул солистал Ядвига Поплавскаялъ ва Алексадр Тихоновичас.\nИнтернеталда руго 80-абилел соназ Арсений Тарковскияс ва Андрей Вознесенскияс Шамхаловасул гьунаралъе лъикӏаб къимат кьурал мухъал ва гӏурус мацӏалде руссинарурал гьесул цо-цо асарал. (Ободияв Шамхалов, «Орлы взлетают против ветра): книга стихотворений, перевод с аварского. Москва: Современник, 1988).1982 соналъ магӏарул мацӏалда бахъун букӏана гьесул, «Гьороде данде роржуна цӏумал» абураб гьитӏинабго тӏехь.\nГьанже къватӏибе бачӏун буго 760-ялдаса цӏикӏкӏун гьумер бугеб тӏехь. Шагӏирасул жанисеб дунял, рекӏел хӏал, хӏасрат рагьила цӏалдолезе, батӏи-батӏиял темабазда хъварал гӏемерал асарал жанире рачараб тӏехьалъ."}
{"slug": "20816-kinalgo-tsadakh-l-ugun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20816-kinalgo-tsadakh-l-ugun", "title": "«Киналго цадахъ» лъугьун", "date": "2022-11-18 10:09:22", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана СВОялда гӏахьаллъулаго хваразул гӏагарлъиялъе «Киналго цадахъ» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъ гьабулеб бугеб кумекалъул хӏакъалъулъ. Фонд гӏуцӏана ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул гӏахьаллъиялдалъун, ва гьелъул учредительги ккола пачалихъ. Фондалъ гьабураб хӏалтӏул, гьелъие квербакъулел сахаватал гӏадамазул ва кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ бицана фондалъул директор Селимхан Мерзихановасги захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министрасул заместитель Гӏабдулкерим Гӏабдулаевасги.\n«Республикаялъул бетӏерасул бихьизабиялда рекъон, тӏоцебесеб иргаялда, Фонд гӏуцӏун букӏана СВОялда хварал аскариязул хъизамазе кумек гьа-бизе. Гьанже мобилизациялъ ахӏаразул захӏматаб хӏалалде ккарал хъизамазеги кумек гьабизе рес буго. Гьединго рес буго мобилизациялъ ахӏун ва жидеего бокьун СВОялда гӏахьаллъизе аразеги социалияб кумек гьабизе. Гьезул хъизамазе цо нухалда 100 000 гъурущ кьола. 16 ноябралде щвезегӏан гьеб кумек щвеялъе кьун буго 2600 гӏарза, гьезда гьоркьоса 2300 хъизамалъе гӏарцулаб кумекги щвана. Гьеб гуребги, СВОялда гӏагарав чи хварал хъизамазе социалияб хъулухъги гьабула.\nСВОялда гӏахьаллъулаго хваразул эбел-эмен, кумекалъе чи гьечӏого хутӏун ратани, нижер хӏалтӏухъабаз рукъалъул хӏалтӏи гьабунги кумек гьабула гьезие. Захӏматалъул ва\nсоциалияб цебетӏеялъул министерствоялда буго реабилитациялъулаб хъулухъги. Гьезул лъималазеги квербакъула цӏалул идарабазде лъугьунелъул.\nСВОялда гӏахьаллъулаго хваразул лъималаз коммерциялъулал гӏуцӏабазда цӏалухъ кьезе кколеб гӏарцудаса 10 процент ДРялъул хӏукуматалъ кьола», — ян бицана\nГӏ. Гӏабдулаевас.\nЩибаб хъизамалъе кумек гьабизе цо-цо социалияв хӏалтӏухъанасда тӏадкъан буго. Амма цохӏо гьелдалъунги лъугӏуларо Фондалъул кумек.\nМинистерствоялъул хӏалтӏухъабазул жигаралдалъун, Фондалъе квербакъулел меценаталги цӏехола. Масала, Дербент райадминистрациягун цадахъ министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь ругел идарабаз бащдаб лъагӏалида жаниб бакӏарун буго 500 000 гъурущ."}
{"slug": "20821-tsokhio-sportsmenazda-sverukh-gurel-ulkha-dunyal-sveruleb-bugeb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20821-tsokhio-sportsmenazda-sverukh-gurel-ulkha-dunyal-sveruleb-bugeb", "title": "Цохӏо спортсменазда сверухъ гурелъулха дунял сверулеб бугеб", "date": "2022-11-18 15:58:19", "categories": ["obshestvo"], "text": "Махӏачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Чӏарада районалъул Кьорош росулъа Хӏажимурад Маллаев лъаларев чи къанагӏатги ватиларо.\nАрбагӏ къоялъ нижехъе, ай, 16 ноябралда редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Хӏ. Маллаев. Газеталъул коллективалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, магӏарул басмаялъул тарихги цӏехезе, нужги рихьизе вачӏанин бицана гьес. Нижеда Хӏажимурад ватана, тохтурлъиялъул рахъалъ махщалилав гуревги, гӏадан хӏисабалда кутакалда гӏадатиявги, рухӏияб\nрахъалъ цеветӏуравги инсан.\n— Жакъа дир бищунго рахӏат хвезабулеб жо ккола рухӏияб рахъалъ нилъ мискинлъун рукӏин. Гӏолеб гӏелалъул гъираго гьечӏо жидерго росдал, умумузул тарих лъазабизе. Гьез сундулго пикру гьабулеб гьечӏо, — ян байбихьана Хӏажимурадица нижергун накъит. — Дун гӏемер щола дирго ватӏаналде, Чӏарада районалде. Цӏуриса бахъараб, нух-нухазда чӏван руго районалдаса рахъарал машгьурал гӏадамазул суратал. Амма гьезда гьоркьов цониги гьечӏо я хирург, я мугӏалим, яги гӏалимчи, ялъуни хурухъан. Гьенир руго гӏицӏал спортсменал. Дица, яхӏго гьабизе кӏвечӏого, абуна районалъул нухмалъулесда, щай цогӏаги дица рикӏкӏарал гӏадамазул цонигиясул сурат гьениб гьечӏебин абун? Цохӏо спортсменалищха ккарал жакъа гӏолилас мисал босизе бегьулел чагӏи?\nДун спорталде данде чӏарав чи гуро. Киналго гӏадин вохула ва чӏухӏула нилъер речӏчӏухъабаздаса, боксераздаса. Амма цохӏо спортсменазда сверухъ гурелъулха кинабго дунял сверулеб бугеб. Интеллект, роцӏараб гӏакълу, тӏабигӏаталъ дуда жаниб лъураб пагьму ва гьунар — гьел цӏакъ къимат кӏудиял, гӏажаибаб къуват жидеда гъорлъ бугел рахъал руго Аллагьас инсанасе кьун. Гьел тӏабигӏатал гъорлъ ругев чи гьаб ракьалда гӏадада хутӏуларо, гьесул чи вахъуна. Амма щаялиго гьединав чиясул къимат гьабулеб гьечӏо.\nДандчӏваялда нижеца ракӏалде щезабуна кӏиго соналъ цебе пандемия тӏадбан бугеб заманалда гьес нухмалъи гьабулеб больницаялда букӏараб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалги.\nБицана Маллаевас бетӏерав тохтурлъун гьениве тӏамулаго жинца разилъи кьолеб букӏинчӏолъиялъулги.\n— Бокьун букӏинчӏо гьеб захӏматаб хӏалтӏи тӏаде босизе. Щайгурелъул лъалеб букӏана щиб дирго бетӏералде босулеб бугебали. Амма хадуб дица дидаго гьикъана: «Кинаб жаваб\nдица метер Аллагьасда цеве вахъиндал кьезе бугеб, «Мун щай хӏинкъарав дудаго тӏадаб налъи тӏубазе», — ян цӏехон хадуб? Гьелъ яхӏ гъуна, — ян бицана Хӏажимурадица.\nХӏ. Маллаевасул нухмалъиялда гъоркь къокъабго заманалда жаниб цӏилъун бачӏана больница, гъункана коллектив ва гьенире сах гьаризе ине бокьаразул битӏахъе иргаби гӏуна. Къокъабго заманалда жаниб гьесда кӏвана больница церетӏурал технологияздалъун хьезарун, улкаялъул батӏи-батӏиял регионазда хӏалтӏулел цо-цоял ахӏана гьенире. Масала, жакъа рехсараб больницаялда хӏалтӏулел руго улкаялдаго машгьурлъи щварал тохтурзаби. Гьединазул цояв ккола Гъуниб районалдаса Мухӏамад Катибов. Россиялда бищун\nлъикӏав урологлъун рикӏкӏуна гьев.\nМаллаев ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги кколелъул, политикаялда хурхарал суалалги камичӏо. Палхӏасил, гӏемераб бакӏалде щвана пикру ва киналъулго рагӏа-ракьанде щун бицине жакъа бакӏги гӏеларо. Кин батаниги, «Хӏакъикъаталъулгун» бухьен къотӏизе теларин абураб щулияб рагӏиги кьун гьевги ана, гьесул махщалилги,\nгӏуцӏарухъанлъиялъе бугеб гьунаралъулги, гӏадатлъиялъулги бицунел нижги хутӏана."}
{"slug": "20829-giartsukh-kuchidul-kh-vaze-mukiurl-ichio-dun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20829-giartsukh-kuchidul-kh-vaze-mukiurl-ichio-dun", "title": "Гӏарцухъ кучӏдул хъвазе мукӏурлъичӏо дун", "date": "2022-11-20 08:59:45", "categories": ["kultur"], "text": "Гӏолилазулъ рухӏияб рахъ загӏиплъун бугин, искусствоялдеги, литератураялдеги, культураялдеги руссунел дагь ругин гӏемер абулеб рагӏула. Амма къо бахъанагӏан, гӏезегӏан дандчӏвалел руго творчествоялдехун гьетӏи бугелги.\nМасала, гьединавлъун вуго гӏолохъанав шагӏир Мухӏамад Мусаев. Гьев ккола Цӏумада районалдаса, гӏуна Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ. Тӏолгороссиялъул «Мцыри» абураб гӏолохъанал шагӏирзабазул литературияб фестивалалда, дагьаб цебегӏан лъабабилеб бакӏги босун тӏадвуссана Мухӏамад.\nКӏиго соналъ цебе къватӏибе бачӏана гьесул «Скупая круговерть» абун гӏурус мацӏалда хъварал кучӏдузул мажмугӏги.\nЖакъа нижеца кьолеб буго гӏолохъанав шагӏирасулгун гьабураб гара-чӏвари.\n— Мухӏамад, баркула дуда бергьенлъи! Разиго хутӏанищ фестивалалъул хӏасилаздаса?\n— Баркала. Узухъда, дун вохарав вуго Москваялъулгун гьоркьоблъи къо бахъанагӏан лъикӏлъулеб букӏиналдаса (велъулаго). Чанго нухалда гьенир тӏоритӏарал къецаздаса бергьенлъабигун тӏадвуссана дун.\nЖибго фестивальги букӏана цӏакъ интересаб. Тӏоцебесеб къоялъ анцӏго литературияв критикас нижер асаразул анализ гьабуна, гӏолел-гӏоларел рахъазул бицана. Гьединлъидал, бергьенлъи боси гуребги, лъаялъул хулжалги цӏезаруна нижеца гьенир.\n— Кида байбихьараб кучӏдул хъвазе?\n— Битӏун бицани, хъвадаризеги тӏад чӏун художествиял тӏахьал цӏализеги цого заманалда байбихьанин абизе бегьула. Гьеб букӏана 17 сон бараб заман. Поэтасе гьеб кватӏун бугин рикӏкӏуна дица. Дица абиларо дие школалда гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул дарсал рокьулаанинги.\nШколалда цӏалулеб мехалъго хӏалбихьана дица тӏоцебе кечӏ хъвазе. Нижее кьун букӏана терроризмалъул хӏакъалъулъ сочинение хъвазе. Амма кинго дихъа гьеб хъван бачӏунеб букӏинчӏо. Гьеб мехалда пикру ккана гьеб кочӏодалъун загьир гьабизе.\nИчӏго классги лъугӏун Нижний Новгородалде, медколледжалде цӏализе лъугьине щведал, гьениб бищун цебе дица балагьана тӏахьал ричулеб тукен. Цӏакъ хӏасрат букӏана тӏехь цӏализе. Дица босараб цо чанго тӏехьалда гьоркьоб букӏана Мария Петровых абурай гӏурусазул шагӏиралъул кучӏдузул мажмугӏ. Гьей гьедигӏан машгьурай шагӏир гьечӏо, амма тӏоцере гьелъул кучӏдул цӏалидал, тӏамуна дунги ракӏалъ кечӏ хъвазе. Дир тӏоцебесеб кечӏ букӏана философияб магӏна бугеб. Гьениб дица гьадинаб суал борхун букӏана: «Щай нилъеца цоцазул ракӏ хвезабичӏого гӏумру гьабизе бегьулареб», — абураб.\n— Магӏарул мацӏалда кечӏ хъвазе хӏалбихьанищ?\n— Цо чанго кечӏ буго магӏарул мацӏалда хъварабги. Амма гьел загӏипал руго. Дие бокьун букӏана байбихьудасанго рифмаялда хъвазе. Мацӏ гъваридго, камилго лъангутӏиялъ захӏмалъулеб буго магӏарул мацӏалда кучӏдул хъвазе. Рифмаялда хъвазе байбихьидал, цӏакъго захӏмалъана.\nМухӏамад Ахӏмадовасги гӏемер абула дида магӏарул мацӏалда хъвазе хӏалбихьеян. Гьабсагӏат рагӏабазул нахърател бечед гьабиялда тӏад хӏалтӏулев вуго дун. Ракӏалда буго магӏарул мацӏалда хъвадаризеги хӏалбихьизе.\nГьединго бокьун буго нилъер гьанжесел хъвадарухъабазул асарал гӏурус мацӏалде руссинаризеги.\n— Гӏурус мацӏалда пасихӏго хъварал асарал руго дур. Гьедин кучӏдул хъвазе гӏурус мацӏ кин дуда лъараб?\n— Дагъистаналдаги Россиялъул цоги шагьараздаги бицунеб гӏурус мацӏалъулъ батӏалъи буго. Дида гьеб я телевизоралдасан, я фильмабаздасан лъараб жо гуро. Жакъа дида лъалеб, дирго асаразулъ хӏалтӏизабулеб гӏурус мацӏ буго гӏурусазул классиказул асараздасан лъараб мацӏ. Гьанжесел хъвадарухъабазул асаралги дица гӏемер цӏалуларо. Гьединлъидал дир кучӏдузулъ гӏемер дандчӏвала жакъа гӏадамаз, хасго гӏолохъанаб гӏелалъ, гӏемер хӏалтӏизаруларел рагӏаби.\n— Кинал поэтазул асарал бищунго рокьулел?\n— Лермонтовасул, Есенинил. Хадур — Маяковский, Блок. Жакъа дие рекӏее гӏола И. Бродскиясул асарал. Амма цо ккурав поэт вокьулин аби битӏун букӏинаро. Щивав хъвадарухъанасул руго рокьулел асарал.\nМагӏарул литератураялдаса рекӏее гӏола Хъахӏабросулъа Махӏмудил творчество. Гӏицӏго магӏарул мацӏалда хъварал асарал. Гьединго Хӏамзатил, Расулил асаралги. Таржамабиги шагӏирас хъваралги асарал дандеккведал, узухъда, кӏудияб батӏалъи буго. Дир пикруялда,\nбатӏияб мацӏалде руссинарураб мехалъ, кучӏдузул тӏагӏам хола.\n— Жакъа гӏолилазул литератураялдехун кинаб бербалагьи бугеб, гӏолилал-шагӏирзабазул церетӏеялъе шартӏал кинал ругел?\n— Хъвадарулелги тӏахьал цӏалулелги гӏолилал кидаго дагь рукӏуна. Чӏахӏияб гӏелалъ гӏайибги чӏвала гьезул гьелдехун интерес гьечӏин абун.\nАмма, дида ккола, жакъа тӏахьал цӏалулелги хъвадариялдехун интерес бугелги гӏолилал гӏезегӏан ругин. Тӏехь бахъизе санагӏалъи гьечӏониги, социалиял гьиназдасангӏаги жидерго асарал тӏиритӏизаризе рес буго гьанже. Тӏоритӏула гӏолохъанал шагӏирзабазул семинарал, съездал. Масала, риидал дун ун вукӏана\nЗ. Прилепиница жиндирго хуторалда тӏобитӏулеб «Мастерская Прилепина» абулеб данделъиялде. Улкаялдаса гӏемерал гӏолохъанал хъвадарухъаби рачӏун рукӏана гьенире. Гьениб бараб чанго къоялда жаниб щивасул асаразул анализги гьабуна, гӏемераб цӏияб-лъикӏабги лъана.\nДирго гӏакълучилъун, мугӏалимлъун дица рикӏкӏуна Мухӏамад Ахӏмадов. Гӏезегӏан лъикӏал дарсал щвана литературовед Муса Асельдаровичасухъанги.\n— Лъикӏал асарал хъвазе ккани, гӏумрудул хӏалбихьи къваригӏунин толищ дуца?\n— Гӏицӏго бечедаб гӏумрудул хӏалбихьиялъул кумекги гӏоларо асарал хъвазе. Къваригӏуна лъайги. Хъвадарухъанасда лъазе ккола щиб хъвазе кколебалиги ва кин хъвазе кколебалиги. Гьеб кӏиябго гьечӏони, асар букӏуна щвалде щвечӏеб.\n— Аслияб къагӏидаялъ, сундул хӏакъалъулъ дуца хъвалеб?\n— Дир творчествоялда кӏудияб бакӏ ккола рокьул темаялда хъварал кучӏдуз. Хӏалбихьула цо-цо батӏи-батӏиял темабаздаги хъвадаризе. Буго «Хасалихълъиялъул макьу» абураб хабарги. Кин бугониги, дие цӏикӏкӏун поэзия гӏагараб буго.\nДица асарал гӏадамазда лъикӏаб-квешаб малъун гуро хъвалел. Дица хъвала хъвачӏого чӏезе кӏвечӏеб жоялъул хӏакъалъулъ. Рекӏел ахӏиялдалъун.\n— Кучӏдул хъваялдалъун бетӏербахъи гьабизе бегьулин рикӏкӏунищ дуца?\n— Дун хӏалтӏулев вуго копирайтерлъун. Дица даран-базаралъул гӏуцӏабазе (гьабсагӏаталда — рестораналъе ва заводалъе) текстал хъвала. Дида чангояз гьарулеб букӏана гӏарцухъ, ай заказалда рекъон, кучӏдул хъваларищан. Амма гьелъие мукӏурлъизе дида кӏвечӏо. Дирго рекӏелъан биччачӏеб жоялъул хӏакъалъулъ хъвазе бажаруларо. Кив вугониги, щивгун дандчӏваниги, дица абула дун поэт вугилан. Гьеб буго бищунго дир рекӏее гӏагараб пиша."}
{"slug": "20847-dir-millattsoyal-ke-nuzheego-sual-nuzh-magiarulal-rugishch", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20847-dir-millattsoyal-ke-nuzheego-sual-nuzh-magiarulal-rugishch", "title": "«Дир миллатцоял, кье нужеего суал, нуж магӏарулал ругищ?»", "date": "2022-11-21 15:26:44", "categories": ["gara"], "text": "Бакъназул устар, кочӏолаб искусствоялъул гӏелмуялъул профессор, Россиялъул мустахӏикъав артист. Пахруявин цо-цояз рикӏкӏунев, гьунар тӏокӏав вукӏиналъе киналго мукӏурлъарав, жинца квер бараб махщел камиллъизабулаго бащдаб гӏасру арав. Къурачевас гьаруралщинал ишазулги гьесие щванщинал шапакъатазулги бицани, цӏакъго халалъила. Гьесул репертуар лъалев, махщалил пикру гьабулев чиясда бихьула, бичӏчӏула Дагъистананалъул кочӏолаб дунялалда Къурачевасул хатӏалъул хаслъи, гӏицӏго жиндирго творчество цебетӏеялъул мурадалда гурев, аваразул кочӏолаб дунялалда хӏажатаб бутӏа лъолев устар гьев вукӏин.\n— Тӏагьир, тӏоцебесеб иргаялда, баркула дагьалъ цебе дуе щвараб иргадулаб шапакъат — РФялъул Хӏурматалъул Орден. Хадубго, лъикӏав тохтурасе унтарасул гӏадаб гӏузрабазул суалги буго. Бихьизе сурукъаб, рагӏизе намусаб хӏалалде ккезабун буго кочӏол дунял. Дуца щиб абулеб гьелда?\n— Битӏахъе, чорокаб гӏоралъ хъамун унеб гӏадаб хӏисаб буго. Лъицаниги пикру гьабулеб гьечӏо гӏор чороклъун бугин, гьениса къватӏире рахъине яги гьеб тӏокӏкӏинабизе ккелин абун. Ракӏалде щолеб гьечӏо рацӏцӏадал иццаздаса, мугӏрул лъараздаса гӏор гӏолеблъи. Магӏарухъ бижараб лъикӏабщинаб бакъан, кечӏ, гӏадат, къадруяб хьвада-чӏвади — гьеб цӏуничӏезул кечӏги хӏабургъараб букӏуна. Щивас жиндасаго байбихьани, лъикӏ буго квешаб тезеги лъикӏаб бекьизеги. Журналистазги цӏикӏкӏун бицине ккола гьел гӏузрабазул. Гьединго цӏикӏкӏинабе миллияб кечӏ-бакъаналъул, мацӏалъул берцинлъи ва пасихӏлъи цӏунарал гьунарчагӏазулгун гара-чӏвари. Щибаб газеталда, телевидениялда вукӏине ккола кечӏ-бакъаналъе битӏараб къимат кьун бажарулев чи, рагӏабазул магӏна босизе лъалел.\n— Нижецани гӏемер бицуна, амма кин тарбия кьелеб цебе ккараб кечӏ-бакъангун цеве вахъунев кочӏохъанасе, «гӏивги» бачун гьев къабул гьавулеб халкъалъе? Захӏматаб суал буго…\n— Суал захӏматаб гьечӏо, магӏна босуларого буго, нужеца хъварабги дица бицунебги бичӏчӏулел дагь руго. Магӏна босулез гурони цӏалуларелъулха казият. Магӏарул чиясул къадру бортулеб, къимат борхулеб бакӏ лъаларого буго гьанже. 30-40 соналъ цебе бичӏчӏулеб букӏана, лъикӏабщинаб цӏунулеб букӏана. Гьайгьай, гӏумру цебетӏун буго, гӏолохъанаб мехалъ дида лъаларел рукӏарал жал гьанже лъабго сон бараб лъимада лъалел руго. Гьадинаб заманалда зритель гьадигӏанго нахъе ккарав, бичӏчӏи гьечӏев щай вугеван бижулеб буго суал. Щайгурелъул жинцаго гьабулелда, рагъа-ракариялда тӏад ургъуларого рукӏун. Зрителал нахъккезарурал чагӏи щал? Ниж, кочӏохъаби! Кочӏохъанас милат гьабулеб гьечӏо цеве вахъун щолеб гъурщил гурони. Леее, йооо, кочӏохъаби, сценаялде вахъиналде цин пикру гьабизе ккола щиб ахӏизе бугеб, лъие ахӏизе бугеб, щиб магӏнаялъул ахӏизе бугебали. Пикру гьабизе ругьунлъизе чи цӏализе ккола. Дица абула кочӏохъабазда, унго-унгояв музыкантасул гьунар букӏине кколин цин, хадуб гъурущги.\nГьунар цӏубарабгӏан гъурущ цӏикӏкӏуна. Гьанжесеб сценаялда магӏна-гӏиналда кечӏ ахӏизе цеве вахъине бищун дагь щуго соналъ, лъикӏаб махщел щвезе жеги гӏемер соназ цӏализе ккола. Цӏаларав чияс магӏна гьечӏел жал гьаруларо.\n— Лъай-цӏалиялда хадув лъугьарав кочӏохъан гӏемер ватилин кколаро…\n— Гьечӏоха. Херлъиялде гӏагаригун цо-цоял рачӏуна, гьаракь хун бугила, щибгӏаги гьабизе бегьулеб жо букӏунарищила, гьаракь лъикӏлъизабизе къваригӏун бугилан. 40-50 соналъ эхебе-эхеде кьабун, цебе кковухъе кечӏ ахӏараб гьаракь анкьида жаниб хисизабизе кӏолищ? Кӏоларо. Цо-цо чагӏи руго тӏабигӏаталъго кечӏ ахӏизе гьунаргун рижарал. Гьединаздасан йикӏана Муи Хӏасанова. Соназ къуркьизабизе кӏвечӏеб, гучаб гьаракь букӏана Муил. Халкъалъе йокьулей кочӏохъан йикӏана Манаша Дибирова. Кечӏ цӏакъго хӏеренго, гӏедерго, недегьго ахӏани, гьаракь кьолел лугбузде хӏал ккола, гьаракь хехго къуна. Гьелгун цадахъал концертазда чанги гӏахьаллъулаан дунги. Доб заманалда цо кверзул килщазда рикӏкӏине гурони кочӏохъаби рукӏинчӏо. Гьанже нусго чиясул кверал гӏеларо кочӏохъаби рикӏкӏине.\n— Музыкалияб искусство лъазабизе бокьарал гӏолилалго рачӏунищ гьанже цӏализе?\n— Рачӏуна, амма дагьал руго. Дида цере цӏалун лъикӏаб махщел щварал руго батӏи-батӏияб миллаталъул гӏезегӏанго кочӏохъаби. Мисалалъе нилъералго рехсани, Хӏамзалав Хӏамзалов, Хӏадис Сабиев, Къурамухӏамад Бигачев, Абакар Гӏумархӏажиев. Магӏнаялда кечӏ ахӏулел, бокьаразе мисаллъун рехсезе бегьулел кочӏохъабаздаса\nруго Мухӏамадтӏамир Синдикъов, Хадижат Жамалудинова, Гӏабдула Мухӏамадмирзоев. Гӏайшат Тажудиновалъулги букӏунаро магӏнаяб гурони, тӏадагьаб кечӏ. Гьей магӏарухъ йикӏаниги, дица халккола гьелъул творчествоялда хадуб. Тӏолабго кечӏ-бакъан хӏатӏазул даражаялде ккарал гӏемер руго. Гьединабги къваригӏунеб батила бертабалъ, банкетазда. Амма сценаялде вахунев чиясул букӏине ккола тарбия кьолеб, гӏадан ургъизе тӏамулеб, лъикӏаб рахъалде гьесизавулеб магӏнаялъул кечӏ-бакъан.\n— Тӏагьир, хӏасилул калам, критика гьечӏо кечӏ хъвалезеги ахӏулезеги. Вехь гьечӏеб гӏи гӏадин, биччан тун буго адабиятгун маданият. Гьелъие мукӏурлъун, руцӏцӏухӏун чӏун ругоха…\n— Ахӏулеб кечӏалъул анализ гьабун бажарулев, цӏалун вахъарав критик гьезего гьечӏо республикаялда. Критик гуро кидаго квешал рахъазул бицунев чи, битӏараб къиматалъ загӏипалги къуваталги рахъал тӏатинарула, тӏад хӏалтӏизе тӏамула. Москваялда цӏаларал музыкалиял критикал рукӏана цере нилъер. Доб мехалда Дагъистаналъул композиторазул гӏуцӏиги букӏана къуватаб. Халкъалъухъе кьолебщинаб кочӏода хадуб халкквейги букӏунаан. Чи гӏодизе тӏамулел некӏсиял бакънал, кучӏдул ахӏулел руччаби руго жеги магӏарухъ. Гьел лъида ракӏалде щолел ругел? Бугебги хвезе тей буго нилъер гӏайиб.\n— Республикаялъул маданияталъул гӏемерал рахъазда батӏи-батӏияб бутӏа лъолев чи вуго мун. Композитор, дирижер, мугӏалим, кочӏол искусствоялъул профессор… Кив бищун свакалев, киб ракӏ бохулеб?\n— Ракӏ бохулареб ишалда квер базецин бокьуларо. Сценаялде вахунев щивав чиясул жинди-жиндир вукӏуна зритель. Дие гьез кечӏ ахӏизе хӏасрат кьола, гъозда дун вичӏчӏула. Дир гьунаралдаса чӏухӏуларо, гъоздаса воххула. Дир творчество бокьулел зрителал, гьезулъ бугеб магӏна, гъварилъи, гӏодоре риччай. Цо мисалал рехсела нужеего. Дирго юбилеялъулаб концерталда ахӏизе бакъанги хъван хӏадурун букӏана Фазу Гӏалиевалъул рагӏабазда «Эбел» абураб кечӏ. Дунго дидаго чӏун гьеб ахӏулаго чвахун унеб буго магӏу. Вахӏ, киданиги, щиб кечӏ ахӏаниги, дун гьедин гӏодизе тӏамичӏо. Концерталъул къоялъ ирга щвана гьеб кечӏалде, бачӏана биччан гьелъул бакъан, добго асаралъул карачелги бачӏун къан ккуна ракӏ. Кӏал рагьани, магӏу чвахун бачӏунеб хӏал лъугьана. Кӏолеб гьечӏо ахӏизе. Гӏодизе бегьилищ бихьинчи сценаялдеги вахун, халкъалда цеве? Магӏарулав гурищ дун? Гӏодизеги бегьулеб гьечӏо, кечӏ ахӏизеги кӏолеб гьечӏо, унеб бакъанги буго, вуцӏухӏун чӏун сценаялда эхетун дунги вуго. Сихӏкъотӏи буго залалда. Цо минутгӏанасеб заман ана гьедин. Ячӏана цее, концерт бачуней йикӏарай Фаина Графченко. Зрителазда рагӏун гьелъ гьикъулеб буго щиб лъугьарабилан. Эбелги ракӏалде щун кӏолеб гьечӏо ахӏизеян кьуна жаваб. Гъоб букӏана дир гъалатӏ, дун цеве вахъине бегьулароан тӏуван хӏадуричӏого. Амма гьеб гъалатӏ дир зрителас гӏунгутӏи хӏисабалда къабул гьабичӏо. Гьезда бичӏчӏана дир рекӏел хӏал.\n— Дурго репертуаралде цӏияб кечӏ босулелъул, лъида бугониги дандбалищ?\n— Мунагьал чураяв Расул Хӏамзатовасда дандбалаан. Щибаб цӏияб кечӏалъе гӏумру кьолаго цин гъосие ахӏулаан. Расулида бичӏчӏулаан кинал рагӏабазе щиб бакъан рекъолебали,\nгӏакълуги кьолаан, гъалатӏалги ритӏизарулаан.\n— Тӏагьир, лъалеб жо буго магӏарул кочӏол эстрадаялъул жанр, къагӏида дуца гӏуцӏараблъи. Гӏумруялъго гитараялде цӏикӏкӏун ракӏцӏай букӏинги бихьана. Тӏамуралъулгун гьудуллъи бугищ?\n— Дун лъарагӏлъиялда гӏурав магӏарулав вуго, тӏармил сверулъеги гӏемер ккун вукӏинчӏо. Махӏачхъалаялъул Буйнакскиясул къотӏноб букӏана «Мелодия» абун музыкалиял алатазул тукен. Дун, гьитӏинав чи, аскӏосан унаго гордухъан бихьулаан гитара, багьаги букӏана 7 гъурущгун 20 капек. Гьеб бокьун холев вукӏана дун. Босеян эбелалда гьарана.\nКинаб гитара, щиб гитара, гьеб магӏарулазул алат гурин малъиего гьабичӏо эбелалъ. Хадуб, цӏакъго дие бокьун букӏин бихьун, босана гьеб. Гьелдаса байбихьана. Миллаталъе хасиятаб гуреб рахъалде буссараб букӏана дир творчествоялъул байбихьи. Эстрадаялде машгъуллъун, гьеб берцин бихьулаан, гьеб гурони цогидаб ботӏролъ букӏинчӏо. Цо къоялъ Аллагьас кантӏизавуна, дун магӏарулав вукӏиналда рекӏеда ватизавуна. 1980 соналда Избербашалда вукӏана гӏумру гьабун, музыкалияб училищеялда дарсалги кьо-\nлаан. Жеги хъизанги гьабичӏеб мех букӏана. Хӏалтӏудаса хадуб рокъоб чӏамучӏлъунги вукӏунаан. Цо сордоялъ дицаго дидасаго сурав босулел гӏадал пикраби рачӏана ботӏролъе.\nДирго суалазе жаваб кьезе тӏамуна Аллагьас дунго:\n— Ле, мун магӏарулавищ?\n-У, магӏарулав вуго!\n— Дуда тӏамур бачине лъалищ?\n— Лъаларо.\n— Мун бакъназул гӏелму малъулев мугӏалим гурищ?\n— У.\n— Кинав магӏарулавха мун тӏамур бачине лъаларев? Дур халкъалъул гуреб гитара бачун вукӏине бегьилищ?\n— Бегьиларо, руго халкъал жидерго музыкалияб алат гьечӏелги!\n— Дуца кечӏ ахӏулищ?\n— Ахӏула.\n-Дуда магӏарул мацӏ лъалищ?\n— Лъала.\n— Магӏарул мацӏалъ кӏалъазе лъараб гӏолищ? Дуда магӏарул халкъиял бакъналги кучӏдулги лъалищ, гьел ахӏулищ?\n— Ахӏуларо, лъаларо.\n— Бакъналги ургъулев, кечӏги ахӏулев, дурго миллаталъул маданияб ирсги лъаларев кинав махщелчиха мун?!\nКӏудияб гьикъул ва ахӏул ишараби ботӏролъгун вахана бусаде.\nНахъисеб къоялъго байбихьана тӏамур балагьизе. Анкьида жаниб, нижерго районалъул устарзабазухъа тӏалаб гьабуна, гьеб хъвазе ругьунлъулаго чвахун рачӏана рекӏелъги ботӏролъги бусен лъурал нилъерго бакъналги кучӏдулги. Гьединаб хӏикмат буго нилъер гьаналъ бессараб миллияб хаслъиялъул. Нилъ гьелдаса тӏуни, чи миллаталъеги жиндиегоги тӏуван виларавлъун хутӏула. Цоги кучӏдузда релълъинчӏеб, ахӏизеги бигьаяб гуреб некӏсияб бакъан буго чӏохъдерил, нижеца гьелда «кӏудаб бакъан» абула. Дица гьеб\nбакъан данде алат бачинчӏого ахӏула. Гьебцин батана ботӏролъ цӏунун. Кинабго, дилъ кьижанщинаб борчӏизабуна тӏамур бачине ругьунлъидал. Гӏажаибаб, цоги алаталъ гьабулареб къуватаб асар гьабула тӏамуралъул сасалъ.\nЦебесеб гьечӏони, цӏияб букӏунаро. Халкъияб кечӏ ахӏулаго, гьелъ рахӏат кьола ракӏалъе. Жиндир миллаталъул бакъанал, фольклор лъалев, гьеб бокьулев ва бичӏчӏулев чи — гьев\nталихӏав вукӏин бичӏчӏулеб буго сонал аралгӏан. Гара-чӏвариялъул ахиралда, тӏадеги вахъун, редакцияго кверде босулеб хӏалалъ, биччана Тӏагьирица жиндир умумузул некӏсияб «кӏудаб бакъан». Ахӏичӏого хутӏарал кучӏдул гӏемер ругинги абун, хасгьабун тӏармида ахӏизе хъвараб бакъаналда, жеги кибниги ахӏичӏеб кечӏги сайгъат гьабуна гьес нижее. Гьеб кинабго кватӏичӏого нужеда батила нижер телеграм-каналалда.\nКъо-лъикӏ гьабулаго, Къурачевас абуна:\n— Щивав миллатцоясе суал кьезе бокьун буго газеталдасан:\n«Мун магӏарулав вугищ?» — абун. Ватани, дур столалда тӏад щибаб анкьие цӏияб «Хӏакъикъат» букӏине кколин абила дица гьезда. Дир миллатцоял, кье нужеего суал, нуж магӏарулал ругищ?\nМиллионалде гӏагарун ругел магӏарулазул чан вугев «Хӏакъикъат» хъвалев, гьебги цӏалун магӏна босулев чи? Гьелдаго цадахъ билулеб буго магӏарул миллаталъул чӏухӏи. Гьеб буго нилъер лъавукълъи, намуслъизе ккараб иш."}
{"slug": "20871-giagarabl-un-l-ugarab-tsiumada", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20871-giagarabl-un-l-ugarab-tsiumada", "title": "Гӏагараблъун лъугьараб Цӏумада", "date": "2022-11-23 09:53:28", "categories": ["med"], "text": "Исана 113 медицинаялъул хӏалтӏухъан ана республикаялъул росабалъе ва гӏисинал шагьаразде «Земский доктор» абураб программаялда рекъон хӏалтӏизе. Жеги 80-гӏанасев тохтургун фельдшер хӏажатги вуго. Гӏумру гьабизе санагӏалъи гьечӏел районазда тохтурзаби гӏолел гьечӏолъиялда бан, 2012 соналдаса 2024 соналде щвезегӏан харжалде тӏаде миллион яги 1,5 миллион гъурущги жанир рукӏине рукъги чӏезабун тохтурзабазул гъира базабизе гӏуцӏараб программа букӏана гьеб. Тахшагьаралдаса рикӏкӏадал росабазе ва гӏисинал шагьаразе хӏажатал специалистазул сияхӏ лъола щибаб соналда ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул сайталда. Тохтурзаби гурелги, фельдшералги 500-750 азарго гъурущги кьун ритӏула росабалъе. Рази ругищха росабалъе хӏалтӏизе гочарал тохтурзаби пачалихъалъ чӏезарурал шартӏаздаса?\nНижеца гара-чӏвари гьабуна «Земский доктор» программаялда рекъон Цӏумада районалъул ЦРБялда хӏалтӏулей йигей педиатр, неонатолог Бежтӏаса Марина Мухӏамадовалъулгун. 2018 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Марина Цӏумада районалъул централияб больницаялда. ЦРБялда гӏураб къадаралда тохтурзаби гьечӏолъиялда бан, гьелъ тохтурлъиялъул цогидаб квалификацияги лъазабизе ккана. Гьедин гьей хӏадурлъана неонатологасул махщалиеги. Гьеб махщалида рекъон, гьанжего-гьанже гьарурал лъималазул унтаби сах гьаризеги гьезда рухӏ речӏчӏизабизеги хӏаракат бахъула гӏолохъанай тохтуралъ. 2019 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Мухӏамадова лъимал гьарулеб отделениялдаги гьелдаго цадахъ лъималазул отделениялда педиатрлъунги.\n— Чияр районалдеги гочун, хӏалтӏизе захӏмат бугищ? Хӏалтӏуде лъугьунелъул, захӏмалъаби дандчӏванищ?\n— Цебе росулъ хӏалтӏизе ракӏалдаго букӏинчӏо. Ракӏалдаго гьечӏого ккана лъалареб районалдеги. Документалги жанире кьун, щиб кколеб бугебали кантӏилалде педиатрлъун йосана. Педиатрасул хӏалтӏи буго кидаго лъай камил гьабизе кколеб. Дица кумек гьабун сахлъараб лъимадул ва эбелалъул гьимиялдаса кӏудияб талихӏ щиб букӏинеб.\nДоб мехалда дир бетӏергьанчиги Цӏумада районалде хӏалтӏизе лъугьун вукӏана, гьединлъидал гьение гочиналъул рахъалъ квалквал букӏинчӏо. Эбел-инсуцаги хӏалтӏизе магӏа-\nрухъе ин лъикӏаб ишлъун рикӏкӏана.\n— Цӏумадисез, цадахъ хӏалтӏулез кин къабул гьаюрай?\n— Районалде ячӏиндал, цо-цо захӏмалъаби дандчӏвалаан. Заманалдасан кинабго битӏа-бишун ккана. Цӏумада район дие гӏагараблъун лъугьана. Баркала буго райбольницаялъул бетӏерав тохтур Хейрул-Анам Мухӏамадовичасе дие гьабураб квербакъиялъухъ, дир хӏалтӏуде кьураб кӏваралъухъ. Баркала буго ЦРБялъул хӏалтӏухъабазеги ниж гӏадал гӏолохъанал хӏалтӏухъабазе малъа-хъваял гьарун квербакъаралъухъ.\n— «Земский доктор» программаялда рекъон, жанир чӏезе мина-рукъ кьунищ дуе?\n— Дун хӏалтӏуде лъугьараб соналъ, программаялда рекъон хӏалтӏулел тохтурзаби мина-рукъалдалъун хьезариялъул суал борхун букӏана. Яги тӏад мина базе ракь кьезе яги ижараялъе ккураб рукъалъухъ гӏарац кьезе бугин абулеб букӏана. Гьеб суалгун дун райадминистрациялдеги щун йикӏана. Цо-цо суалал рагӏа-ракьанде щун тӏуран гьечӏолъиялда бан, гьеб суал тӏубачӏого хутӏана. Нижеца гӏумру гьабулеб буго гӏарацги кьун ижараялъе ккураб рокъоб.\n— Гӏолохъанав тохтурасул махщел росулъищ яги шагьаралдайищ лъикӏ камиллъулеб?\n— Росабалъ хӏалтӏиялъ кьола тохтурасе кӏудияб хӏалбихьи, махщел. Гьенир батӏи-батӏиял унтабигун дандчӏвалелъул, цо-цо тохтурзаби гьечӏолъиялда бан, дицаго тӏубазе ккола гье-\nзул хӏалтӏиги, гьединлъидал росабалъ цӏикӏкӏун рес буго хӏалбихьиги махщелги щвезе. Цогидал районазде дандеккун, нижер ЦРБялда буго хӏажатаб къайиги медицинаялъул цо-\nгидал алаталги. Шагьаралъул больницабаздаса ва поликлиникабаздаса щибго батӏалъи гьечӏо нижеда церелъурал масъалабазулги планазулги.\n— Къотӏи-къаялда рекъон мун хӏалтӏизе кколеб щуго соналдасан щиб гьабизе ракӏалда бугеб?\n— Хӏалтӏизе кколеб заман ахиралде щведал, районалдаса нахъе ине ракӏалда буго. Нижго бетӏергьанаб рукъги гьечӏони, гӏагарлъиялдаса рикӏкӏад чӏезе бокьулеб гьечӏо. Программаялда рекъон, гьеб щуго соналда гъорлъе рикӏкӏуна гӏицӏго хӏалтӏуда рукӏараб заман. Гьелда гьоркьоса бахъула лъимерги гьабун гьелда хадуб хъулухъ гьабулеб заман.\nГьединлъидал дун гьаний гӏумру гьабун чӏезе ккола щугоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ."}
{"slug": "20892-k-edi-rosdal-tarikhal-ul-khiak-al-ul-tso-tso-bitsenal-va-bayanal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20892-k-edi-rosdal-tarikhal-ul-khiak-al-ul-tso-tso-bitsenal-va-bayanal", "title": "КЪЕДИ РОСДАЛ ТАРИХАЛЪУЛ ХӏАКЪАЛЪУЛЪ ЦО-ЦО БИЦЕНАЛ ВА БАЯНАЛ", "date": "2022-11-25 15:46:44", "categories": ["rel"], "text": "«КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб тӏехьалдаса\n— Гӏахьвахъ районалъул Цӏолодисезги (гьанже Герзели чӏарал) абула Къеди росу жидехъа арал гӏадамаз гӏуцӏараб бугин.\n— Кӏкӏаратӏисезул буго бицен, цебе заманалъ Цӏунтӏа ва Цӏумада районалъул мугӏруздаса рачӏарал гӏадамаздаса лъугьарал ругин жал абун.\n— 1884 соназ гӏурус хӏукуматалъ гьарурал цо хъвай-хъвагӏаязда\nжаниб Гӏахьвахъ районалъул Цӏалкӏитӏа росдал гӏадамаз бихьизабун буго жидер росу бугеб бакӏалда тӏоцере рештӏарал гӏадамаз гьеб ракь босун бугин Къедиса амирзабазухъа.\n— Тарихалда буго гьидалъез Ислам босанин гьижрияб 880 соналъ (1475 с). Гьеб босизе бокьичӏел гӏадамал гочун Тушалъеги анин. Гьел соназ рачӏун ратизеги бегьула Гьидалъел Къедире (авт.).\n— Асир гьарурал ва лагълъиялда ругел тушал гӏемер рукӏун руго Ункъракьалъул росабалъ. Рукӏун руго гьединго гуржиялги гӏурусалги. Гьел нахъе риччаялъул багьаги 19 гӏасруялда 50-60 гъурущ букӏун буго. Гуржиялги гӏурусалги гьеб гӏарцухъ бигьаго эркен гьарулел рукӏун руго, амма тушал къанагӏат гурони риччалел рукӏун гьечӏо\n— Къедир гӏадин Хъварширги рукӏун руго Хунзахъа рачӏарал нуцабазул чагӏи. Жидер би бацӏцӏадал, къадру бугел гӏадамал ругин абун, гьезул би хӏалтӏизабулеб букӏун буго тохтурзабаз, захӏматаб, жиндие цоги дару гьечӏеб унти сах гьабизе.\n— Хунзахъа Ункъракьалде рачӏун руго (нуцабазул) анкьго вац. Кӏудияб Росулъ рештӏун вуго Нуцалхан (Алдам), Сасикь – Махӏмуд, Силдив – Арсланбег, Гьакъов – Гӏалихан.\n— Цебе заманалъ гьакъосез ва цогидал Ункъракьалъул росабазул гӏадамаз Къеди росдада Кӏудияб росуян абулеб букӏун буго.\n— Гьакъоб мажгит цӏи гьабулаго ракьулъ ратун руго тӏухьидул гьарурал ункъбокӏонал рогӏрал, цебе заманалъго мажгиталде лъим бачине лъун рукӏарал.\n— Хунзахъа ханзабаз жидер ханлъиялда гъоркь ругел росабалъа магъало бахъулеб букӏун буго жаниб цӏа бакулеб щибаб гъансито рикӏкӏун. Цо рокъоб жаниб гьединаб гъансито чанго бугони ва щибалда жаниб рахъуги батани, гьеб жиб-жибалда тӏад магъало лъолеб букӏун буго.\n— 2001 соналъ къватӏибе биччараб «Восстание» абураб тӏехьалда буго Гъоркьгьаквариб Шамилил заманалъго бараб мажгиталъул къадалъ гамачӏ бугин «Лъикӏлъигун вачӏарав силдисев нахъе чӏваге» — ян хъвараб. Гьелъие гӏиллаги бугин гьакварисезул гӏиги бахъун унел тушазде данде силдал лъугьин. Гӏараб мацӏ лъалел гӏолохъабигун гьелъул хӏакъикъат цӏехезе ниж щвана Гъоркьгьакварире. Гьеб хабар рагӏарав чиги нижеда гьенив данделъичӏо, гьезул мажгиталъул къадалъ гьедин хъвараб гамачӏги батичӏо. Чӏамалазул жамагӏатазде Хунзахъа ханасул кагъат: «Гуржиялъе давлаялде унел къокъабазе (нужер ракьалдасан) гьенире ине квал-квал гьабе ва гьукъе, гьелъухъ дица нужее лъикӏаб мухь кьела».\n— Хундерица Къеди росдал хӏакъалъулъ абулеб букӏун буго: «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу» ва «Къеди – кӏиабилеб Хунзахъ».\n— Хашаевас хъвалеб буго, батӏиял мацӏазул гӏадамал багвалаздаги, тӏиндаздаги, чӏамалаздаги гьоркьор, Ункъракь абун магӏарул цӏар бугеб бакӏалда цадахъго магӏарулазул 8 росу щай ва кисаян цӏех-рех гьабулаго лъанин гьел гӏадамал хундерил росабалъа рачӏун гьенир чӏарал рукӏин ва гьел киназго жидеца пайда босулеб ракьалъул магъало Къедиса нуцабазе кьолеб букӏараблъиги. Абизе бегьулин гьеб ракь магӏарул ханзабаз лъихъан бугониги бахъун батилин ва гьенив чӏезе жидерго рукъалъул чиги витӏун вугин. — Гӏурус пачаясул гинарал Клюки Фон Клугенауяс 1839 соналъ гьарурал хъвай-хъвагӏаязда жаниб буго 1837 соналъ тушазул 3 росу хъамал гьабураб магӏарулазул боялъе бетӏерлъи гьабунин Ункъракьалъул кверщел жидехъ бугел нуцаби Амирхӏамзаца ва Малачица. Гьел росабаз гьезие магъало кьолеб букӏанин (Омало, Шенакӏо, Дикӏло).\n«Сасикь, Къеди ва Силди росабиги гьез жал бетӏергьаналлъун рикӏкӏуна, щайгурелъул гьеб ракь гьезул букӏиналъ ва, гьединлъидал, гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез щибаб лъагӏалие цо-цо чахъуги, цо-цо къали тӏорщалилги, лъаб-лъаб къо хӏалтӏулги босула».\n— «…Абумуслимил аскараз мутӏигӏ гьаруна гьезул росаби, рахъана шагьарал ва гӏадамазда босизабуна Ислам. Цинги гьел рахана мугӏрузде\n– Авариялде (Хунзахъе). Аваразул хан Байар, Суракъатил вас, нуцалин жинда абулев, жиндирго богун, гӏагарлъи-хъизангун лъутана жиндир ханлъиялда гъоркь букӏараб Туш мухъалде».\n— «Бугеб биценалда рекъон, хундерил хан Баяр, цо рагъулъ къун хадув, жиндирго хутӏараб аскаргун Ункъракьалде лъутула ва гӏумру гьабун Къедив чӏола. Аскар цадахъ букӏиналъ гьесда кӏола гьенир гъоркь рукӏарал гӏадамал мутӏигӏ гьаризе ва гьезул ракьазда тӏад кверщел гьабизе».\n— «Цо заманалдаса гьев, жиндие нагӏана батаяв Суракъатил вас Байар Гӏаббасил вас Гӏамирсултӏаница, жинда нуцалин абулев ва Исламалдаса лъутун капурзабазухъе жив арав цинги гӏумру гьабун Тушалъги вукӏарав, жиндир боялда гьарана инсул бакӏалде тӏад вуссине кумек ва Цӏунтӏаса байбихьараб Гӏариштӏи щвезегӏан аскӏарги бакӏарун сардилъ балъго Хунзахъе вачӏана ва гьенир рукӏарал мунафикъзабазул кумекалдалъун (Абумуслимица гьенив амирлъун тун вукӏарав) Гӏамирахӏмад чӏвана. Гьединго гьез чӏвана гьенир рукӏарал цогидал бусурбабиги. Гьедин жиндир инсул ханлъиги бахъун гьев тахида рештӏана, цересел гьесул умумул рештӏун рукӏараб гӏадин».\n— Тушаз абула жал Дагъистаналдасаги, Чачаналъаги, Гуржиялъаги рачӏарал гӏадамаздаса лъугьарал ругин.\n— Дагъистаналда тӏад бищун ахиралда жидеца ислам босарал гӏадамал руго цӏунтӏал. (18 гӏасруялъул ахир — 19 гӏасруялъул байбихьи.\n— 1844 соналъул цо хъвай-хъвагӏаялда жанив Къедиса Алдам вихьизавун вуго Дагъистаналъул Бакътӏерхьул рахъалда бугеб Гьаквари мухъалъул росабазул ва жидеда гьоркьор Кьохъ ва Силди росабиги ругеб цолъиялъул кӏудиявлъунги, Къиялъ ва Къеди росабазул бетӏергьанлъунги.\nМухӏамадил Гъазияв:\n— Къеди, гьанже Сабигулал Темерсултанил рукъ бугеб бакӏалда цебе, къилбаялъул рахъалда, дида лъалеб заманалъги си букӏана. Бицен буго, гьелъул рагьоялда тӏад къадалъ лъун букӏанин гамчӏил гьабураб кӏудияб хъанч (крест). Гьеб хъанч гьенисаги бахъун бекараб хӏисаб буго нилъер росдал имамасул тӏалабалда рекъон. Асали Нуцалханил колода цебе майданалда ракьулъа баккунги букӏанин гьединаб хъанчин бицун букӏана дида Хӏанапица.\n— Вабаъ унтиги баккун тӏагӏарал гьидалъезул Къедив лъабго чи хутӏун вуго. Гьеб унтиялъ хварав ахирав чиги хабалъ вукъун гьел нахъе ун руго росулъецин щвечӏого, Нахъамагъилъа эхере. Хелекьщобилъе щведал лъалхъун, росулъеги балагьун, гьез абун буго: «Гьениб букӏа гьанже тӏад гьуриги пун, пурчӏина гурого бижулареб ракь», — ан.\nГьедин вабаъ унти баккараб мехалъ нилъер мухъалда росабазда гьоркьоб хъаравуллъи толеб гӏадат букӏун буго, гӏадамал цоцахъе ин гьукъизе. Холел хун, рахъулел рахъун Къедиса нахъе буссиндал гьеб унти баккун буго Гьаквариб ва гьениса чи вачӏун вуго щиб дару-сабаб гьелда данде гьабураб абун цӏехезе. Хъаравулзабаз гьев росдал рагӏалда бугеб лъар бахизе тун гьечӏо — къваригӏел гьикъун буго ахӏун. Гьеб гьес бициндал, щиб дару ва кин гьеб гьабурабги хъван кагъат бухьун буго халатаб гӏералда ва гьеб лъарал добцояб рагӏалда вукӏарав гьакварисесухъе бегьун буго.\nГъазимухӏамадил Амирхӏамза:\n— Чиги чӏван вахчизе ккарав хундерил нуцабазул цо вас, рецӏел босун чӏванин абун хабарги биччан, гьеб заманалъ хунзгун ракълида рукӏарал гьидерил кӏудиясухъе цӏунизе щвезавула гӏагарлъиялъ. Гьесги гьев байбихьуда гьеб мухъалъул цо росулъ вахчун вукӏуна ва хадув вачун жиндирго чагӏазухъе Къедиве щвезавула. Нилъер умумузул къагӏида букӏун буго Хунзахъги Къедибги гьоркьоб бухьен чӏезабизе гӏоло цереса-цере, цоялдаса балагьун цогидаб бихьулеб бакӏалда гохӏ-щобазда цӏаял ракулеб. Щибаб гьединаб бакӏалда сиялги ран, хъаравуллъи гьабун тарал цӏа бакулел гӏадамалги рукӏун руго гьезул. Гьедин лъазабулеб букӏун буго тушман гӏагарлъун вукӏиналъул яги цоги гьелда релълъараб кӏвар бугеб ишалъул хӏакъалъулъ хабар цоцада.\nКавуялъул бищун борхатаб гохӏда тӏад, гьанже телевизоралъул шурмалги рукъги бугеб бакӏалда дун гьитӏинаб мехалъги жеги биххун лъугӏичӏеб сиялъул къадал рукӏана. Росдал гӏадамаз гьелда «Аслаханил си» ян абулаан. Гьев Аслахан Амирхӏамзалазул чи вукӏанин ва гьесул цӏар лъурав вукӏанин немцазулгун букӏараб рагъда тӏагӏарав Сурхайил\nАслаханин букӏана нижер рокъоб кидаго бицен.\nГӏалихъиличил Мухӏамадкамил:\n— Шамилил заманалдаса цебе Къедиса нуцабаз жидедаго гьоркьоб бикьун букӏун буго жал бетӏергьанаб Ункъракьалъул киналго мугӏрузда ва гӏалах-ракьалда тӏад хӏакимлъи. Сасикь чӏарал, гьанже «Даитилал» ва «Бацӏилал» ин жидеда абулел Къедиса гӏадамазул умумузул тӏалабалда гъоркь букӏун буго Асаликӏалдаса эхебе бугеб ракь. Чачаналъ жаниб ракь: Шаро-Аргуналде щун, Хонокь, Хашакь, Кӏесели, Сандакъори ва цогидал бакӏал Къедиса Сурхайил умумузул бетӏерлъиялда гъоркь рукӏун руго. Гьединго, жалго жакъасел сасикьезда лъалеб ва гьезухъги бицен бугеб жо буго, гьезул росдада тӏад «Басриял хабал» ва гьанже школа бугеб бакӏалдаса эхеде бакъда ругел хурзалги гьев Сурхай бетӏергьанал рукӏараблъи. Гьез гьеб майданалда Хӏарималъул ракьинги абула. Къедиб бугеб ракьалда бижулареб гьоло, хъабахъ, цӏоросаролъ хьалаанила гьес гьениб. Гьел киналго ракьазда тӏад балагьи гьедин бикьун букӏаниги, гьенир ругел гӏадамазухъа бакӏарараб магъало: щибаб кӏкӏуялдаса кӏи-кӏи сахӏ тӏорщалил, цо-цо гӏиялъажо ва лъаб-лъаб гулла-хер цо бакӏалде – Къедибе бачӏунеб букӏун буго. Гьединго гьезда тӏадаб букӏун буго лъагӏалил лъабго къоялъ гьел нуцабазе хӏалтӏизеги. Кидаго яргъид гӏуцӏун хӏадурарал\nрагъухъабазул къокъаги букӏун буго Къедиб, гьел нуцабаз цебехъанлъи гьабулеб ва гьеб магъалоялъул цо бутӏаялдалъун жиб хьезабураб.\nГӏалихъиличил Мухӏамадкамил:\n— Нилъер росдал гӏадамал рикьула чанго тухумалде. Гьездаса цоял ва бищунго гӏемерал ккола «Малалал» абулеб тухум. Рачӏараб бакӏги гьезул гӏемерисезул Къиялъа буго. Малалалин жидеда абулелщинал гӏадамалги киналго Малалалги гуро рукӏун ругел. Гьезул цо тайпа буго мухь кьун гьез гьоркьоре риччарал. Цоцазул рахъ кквезе, цояз-цоязде мугъчӏвай гьабизе, чи гӏемер вукӏине ва гьелдалъун къуватги цӏикӏун букӏине гӏоло данделъулел рукӏун руго цере гӏадамал. Гьелъул мисалги буго чачаназул тейпалъул мисал.\nРуго нилъехъ хундерил Гьамушиса рачӏарал чагӏиги. Хӏинцасул ва Пайзулал гӏадамал Цӏелмесалдаса рачӏарал ругинги абула.\nРуго нилъехъ «Уздензабиян» жидеда абулеб тухумги. Руго гьединго Тӏехӏнуцабиги. Гьел ккола нуцабазулгун ригьнал гьарурал, гьез жидеда аскӏоре риччарал гӏадамал. «Лолонисал» абунги руго цо чагӏи. Рикъун яги мухь кьун росун рачӏарал цо-цо бихьиналги руччабиги рукӏун руго цере нилъер гьанир. Эбелалъ бицунаан жинда лъалеб заманалъги дир мина бугеб авалалда вукӏанин Мамука абун цӏар бугев херав гуржияв. Цо-цо иш тӏад къазе къватӏиве ахӏарав гьес, рокъоса вахъине кватӏун жинда рагъидал, халат бахъун абулаанин: «Лъуу-гӏизегӏан чӏаа-ха, лее!» — ян. Гьединго нилъеца бицун букӏана Шамилиеги гьесул муридзабазеги хъулухъалъе кьун йикӏарай гуржияй Тамарал\nхӏакъалъулъги. Жеги гьитӏинай яс йикӏадго Гуржиялъа йикъун ячӏарай гьей, дир кӏудияв инсулги инсул эмен, Шамилихъе унаго гьесул рагьдухъ чӏварав Ханбулатгун цадахъ цо рокъой гӏурай, гьесулгун гӏел бащадай йикӏун йиго. Гьедин рачӏарал лъималги нилъехъ доб заманалъ чанго рукӏун руго. Хасало квачараб бакӏ букӏиналъ хундерил ханзабазги,\nгьездаса цереккун рукӏаразги Къедире ва Акнаде тамихӏ гьабун ритӏулел рукӏун руго жидеда гӏайиб ккарал цо-цо гӏадамал. Цо биценалда рекъон гьедин рачӏарал гьидалъезулги букӏун буго нилъер гьаниб чанго хъизан. Нижер тухумалъул гӏадамал рачӏараб бакӏ буго Хунзахъ районалъул Байикь ва Чӏондокь росаби. Рачӏараб заманги кколеб буго тӏоцебе нилъер мухъалда Ислам дин тӏибитӏизабизе Хунзахъаги, Гьидалъа ва Гъазигъумекисаги бусурбаби щвараб мех. Гъоркь рукӏарал гӏадамазда динги босизабун, гьеб щула\nгьабизе ва гьел гӏадамаз гьеб рехун течӏого букӏине гӏоло балагьизе гьанир тарал чагӏазул ругин нижин бицен батана дида нижер рокъоб. Дир инсул вац Батагӏалида лъалаан Хунзахъ букӏараб гӏагарлъи. Гьенир ругел ва Къедире рачӏарал цересел нижер умумул цоцаде гъоркье-тӏадеги гӏемер щолел рукӏун руго. Шамилил наибзабазги гьездаса хадур балшевикӏазги гьел росабазул гӏадамазе кӏудияб къварилъи гьабун буго, чӏван ва жанир тӏамун анцӏ-анцӏ сахав чиги тӏагӏинавун вуго."}
{"slug": "20899-bakhiarzazul-ulbul-kiochon-tolaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20899-bakhiarzazul-ulbul-kiochon-tolaro", "title": "Бахӏарзазул улбул кӏочон толаро", "date": "2022-11-27 15:38:17", "categories": ["obshestvo"], "text": "Махӏачхъалаялда, «Россия – дир тарих» абураб тарихияб паркалда данделъун рукӏана СВО- ялда бахӏарчиго хварал васазул улбулгун лъудби, мобилизациялъ ахӏун арал гӏолохъабазул гӏагарлъи, пачалихъиял ва жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзаби.\nЭбелалъул къо кӏодо гьабун, «Ахӏулеб буго эбелалъе кечӏ» абураб ватӏаналде ва улбузде рокьи загьир гьабулел кучӏдузул ва церерахъиназул тадбир букӏана гьеб. Бахӏарчиял улбузулгун пашманлъиги гӏахьал гьабизе, рухӏалда барахщичӏого ватӏанги нилъер парахалъиги цӏунарал васазе тарбия кьуралъухъ гьезие баркалаги кьезе церерахъана жамгӏиялгун пачалихъиял гӏуцӏабазул нухмалъулел.\nГьаб захӏматаб заманалда «Россиялъул улбул» абураб тӏолгороссиялъул гӏуцӏиялъул Махӏачхъала шагьаралда бу- геб отделениялъул нухмалъулей Сефижат Мухӏамадрасуловалъ лъикӏаб рагӏудалъунги кумек хӏажалъараб мехалда батӏи-батӏиял гӏуцӏабазулгун бухьен гьа- бунги квербакъулеб буго СВО-ялда хварал аскариязул улбузе.\nГьеб тадбиралъул мурадги букӏана СВОялъул бахӏарзазул улбузда, лъудбузда ва цогидалги гӏагарал руччабазда гьел жалго хутӏун гьечӏеблъи, гьезда сверухъ, сундулъго гьезие квербакъизеги ургъел бикьизеги хӏадурал гӏадамал рукӏин бихьизаби. С. Мухӏамадрасуловалъул рагӏабазда рекъон, республикаялда гӏуцӏун буго «Улбузул къуват» абураб жамгӏиятги.\nТадбиралда кӏалъана ДРялъул муфтиясул кумекчӏужу Гӏайнаъ Хӏамзатова, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Елена Ельникова, Россиялъул Бахӏарчи Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул эбел Сапижат Мазаева, Лъималазул ихтияр цӏуниялъул рахъалъ вакил Марина Ежова, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министралъул заместитель Раиса Шахсинова ва цогидалги."}
{"slug": "20908-rosul-bukiun-bugeb-l-iki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20908-rosul-bukiun-bugeb-l-iki", "title": "«Росулъ букӏун бугеб лъикӏ…»", "date": "2022-11-28 15:21:06", "categories": ["magiarukh"], "text": "Росабалъ хӏалтӏи гьечӏин абурал багьанабиги рачун, росабалъа гӏолилал гочунел руго гӏатӏиракьазде. Чӏороголъулел руго росаби, чӏахӏкъулалъ кколел руго, гӏемераб къоги бихьун, умумуз гьарурал хурзал, гӏибоцӏи дагьлъун, рохьаз цӏолел руго мугӏрул. Амма росабалъа гӏолилал гочун иналда тӏад рекъолев гьечӏо, гӏатӏиракьалдаса нахъвуссун, жиндирго гӏагараб Шамил районалъул Мачӏада росулъе тӏадвуссарав Махӏмудов Мухӏамад. Гӏатӏиракьалде гочине бокьун бугел гӏолилазе мисаллъун букӏине, бокьун буго Мухӏамадил гӏадатияб гуреб къисматалъул ва «росулъ букӏун бугеб лъикӏ» абураб гьесул пикруялъул хӏакъалъулъ цӏалдолездаги бицине.\nРосдал школа лъугӏидал, гьев цӏализе лъугьана Орджоникидзеялъул гӏаммаб аскаралъулаб училищеялде. Гьенибе унеб автобусалде вахунаго, «виччаларо, дур гӏурусав лъугьуна, мун нижее камула» абун, инсул вацгӏал Гӏабдулаев Мухӏамадица гьев цӏалуде виччачӏо, автостанциялдаса нахъе вачана. Заман иналде, ахӏана армиялде. Хъулухъ гьабуна Камчаткаялда. Армиялдаса вуссун хадув хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул приборал гьарулеб заводалда сборщиклъун. Гьениб гьесие щвана анлъабилеб разрядалъул\nслесарасул махщел. Хъизамги бачун, гьенисаги гочана Калмыкиялде, хӏалтӏана Икибуль районалъул «Манич» совхозалда управляющийлъун. Аслияб куцалда гьеб совхозалда гӏезабулаан наслу лъикӏлъизабизе тараб гӏи-боцӏи.\n— Гьениб дирго букӏана гӏи-цӏцӏаназул 600-700 бетӏер ва 70 чӏегӏерхӏайван. КЭМЗалъул директор Ибрагьим Ахӏматӏовас ахӏун, гьениса ниж гочана Гъизляралде. 10 соналъ хӏалтӏана\nКЭМЗалъул кумекалъулаб магӏишаталъул управляющийлъун. Азарго гектаралда хьихьулаан гӏи-боцӏи. Гьеб хъулухъ дица байбихьана 70 гӏиялъажоялдасан ва, анцӏго соналъ хӏалтӏун, гӏи-цӏцӏаназул къадар бахинабуна кӏиазаргоялде. КЭМЗалъул хӏухьбахъиялъул киналго базаби хьезарулаан гьанадалъун ва рахьдал нигӏматаздалъун. Гьенисаги гочана Гъизляр районалъул южная абураб поселокалде, дирго фермаялда гӏезабулаан нижерго гӏи-боцӏи. Сонал анагӏан ракӏалъ цӏалев вукӏана росулъе. Гьале щуго сон унеб буго росулъ вугелдаса, — ян бицана М. Махӏмудовас.\nМухӏамадил эмен Махӏмутӏил Мухӏамадил (гьидерица гьесда «Кӏумело» абулаан) рукӏана анкьго васги лъабго ясги. Кӏумело анкьгьунар: къебед, къадал, цӏулал ва маххул устар, зурмихъан, къолохъан, кочӏохъан, пандурчи… Гьес квегъулаан чуял, рахъулаан цаби, гьарулаан суннатал, хваразе – лахӏдуял. 55 сонил ригьалда Кӏумело хвей\nгьидерие кӏудияб камилъун лъугьиналъе нугӏлъи гьабула гьесул зонода хъван ругел гьал рагӏабаз:\nПахьулги, маххулги, къадалги устар,\nЗурма-кечӏ — камураб махщел букӏинчӏо.\nКамуна халкъалъе, тӏуна духъ магӏу,\nНух битӏаги дуе доб алжаналде.\nМахӏмудовас абуна, инсуца жал, васал, тӏадчӏун жиндирго махщелазе куцанин ва, хӏинкъичӏого, хӏалтӏуде квер бегьизе ругьун гьарунин абун. Ккани, жиндирги бугила бокьараб\nустарлъиялъе махщел, ресукъав чиясул къваригӏел тӏубазе гӏураб. Гьеб гуребги, Мухӏамадил лъикӏаб гьунар буго байрамалъулал тадбиразда тамадалъи гьабизе, пула зурма, хъвала пандур, хъумуз, аккордеон, баян, бухула къали. Гьесул ният буго инсул къебелъи цӏигьабизеги. Гьес росулъ бана гьобоги.\nРосабалъа гочине хӏадурулел, гьединго гьениса гӏагарал росабалъе тӏадруссине бокьарал чагӏазде хитӏаб гьабун, Мухӏамадица абуна: «Лъикӏаб лъай-махщелги, жанире руссине мина-рукъги гьечӏого, шагьаразде гочарал гӏолилал ккола улбузул гарбазда кӏусарал тухьулаби. Лъикӏаб мухьги босун, тажиказузбеказ гьабизе течӏого, росабалъги рес буго бокьараб хӏалтӏи гьабизе. Росабалъ гӏолохъабазе хӏалтӏи гьечӏин абулеб жоялда тӏадрекъоларо дун. Буго, гуре рукьал, бище тӏаса. Масала, бегьула гӏи-боцӏи хьихьизе, наял гӏезаризе, ах-бахча хӏалтӏизабизе; гьабизе бегьула къадал, цӏулал, маххул устарлъи, хӏалтӏизе бегьула юк баччулеб машинаялда яги тракторалда… Амма жакъасел гӏолилазе къваригӏун буго, Инхоса Гӏалихӏажиясул малъа-хъвай дагьабго хисизабун абуни, «Захӏмат бихьичӏого, рахӏатги, бекьичӏого ва нилълъ гьечӏого лъилъизе хурги». Анищазул хурзал рекьани…Гьидалъ гуребги, нижер Мачӏада росу ккола районалъул росабазда гьоркьоб бищун бигьаго гӏумру-магӏишат гьабизе санагӏатаб ва гьелъие лъикӏал ресалги шартӏалги ругеб бакӏ. Авлахъ гӏадаб битӏараб бакӏалда бугеб росу, къватӏазда хъил, щибаб рокъоб лъим ва канализация, росдада аскӏоб кӏудияб махил ва накӏкӏил рохь, росдадаса километр гӏечӏеб манзилалда кулал, кигӏан бокьаниги, бекьизе\nбокьараб жо тӏад бижулеб ракь, гӏибадат гьабизе чӏухӏараб мажгит, районалдаго лъикӏаб школа, медпункт, рохьазде, кулабазде ва магӏарде гӏатӏидал нухал…\nТӏокӏабги щиб къваригӏунеб гӏумру-магӏишат гӏуцӏиялъе?!\nМашинабаз 10-15 километралъул манзилалда бачараб лъецаги лъалъан, гӏезабула лавашисез хъапустӏан; гьеб бичун, гьезие лъикӏаб хайирги щола. Мачӏада абуни, аскӏобго буго гьелъие къваригӏунеб кинабго: лъикӏ жо бижулеб ракьги, къваригӏанагӏан ракги, гӏунги тӏокӏаб къадаралда лъимги. Гӏезабе хъапустӏан, ламадур, пер, ражи, картошка… Жакъа гьел нигӏматазухъ щолеб буго лъикӏаб багьа: хӏалтӏе, кванай. Гьелъие камураб жо буго цо: хӏалтӏудаса хӏинкъуларел квералги нилъерго росу-жамагӏат бокьиги. Гьел шартӏалги ресалги гуребги, росулъ букӏуна, щиб кканиги, кверчӏваялъе гӏагарлъи, садакъа-вакъпуялда гӏахьаллъизе ва хваразухъе хабалазде зияраталъ ине рес. Аслияб жо, лъималазе магӏарул кьварараб тарбия кьезе, гьезулъ нилъер умумузул гӏадатал куцаялъе шартӏал, рахьдал мацӏ малъизе бугеб рес, наркотиказдаса ва такъсириял ишаздаса гьел цӏунизе букӏунеб санагӏалъи. Цебе гӏадин кьварун гьечӏониги, росабалъ лъималазе щола жамгӏияб тарбия. Гьел рукӏуна жамагӏаталъул кидагосеб бербалагьиялда гъоркь, тохаб жо гьабулеб бихьани, гӏадамаз гьезда бадибчӏвай гьабула, хъачӏаб рагӏи абула, улбузде гӏарз бахъула. Шагьаралда лъица гьабулеб нилъер лъималазул тӏалаб, лъие гьел къваригӏунел? Гьеле, шагьаразда гӏуразда дандеккун, росабалъ гӏурал лъимал магӏна-гӏин бугел, адаб-хъатир цӏунарал, гӏадат-гӏамал ва рахьдал мацӏ лъалел рукӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Кӏудияб бахӏарчилъи гьабулеб гӏадин, рес кканщинахъе, нилъеца абула: «Лъималазе гьабулеб буго дица гьаб магӏишат», — ан.\nМагӏнаял, гӏадилал лъимал лъугьинчӏони ва улбуз гьабураб магӏишаталъул гьез къимат гьабичӏони, нилъер гӏумруялъул кинаб хӏасил кколеб? Гьеле нужее росулъ магӏишат гьабиялъе бугеб аслияб далил. Гара-чӏвариялъул ахиралда, аккордеоналда умумузул бакънал рачун, пандур бачун «Дир гӏагараб Гьидалъ» абулеб кечӏ ахӏун, Мухӏамадица нижее гьабуна саламатаб рекӏелгъейги. Нух битӏиялъе абун, гьес цӏалана «Гӏагараб росулъе» абулеб Гӏадалол кечӏалдаса гьал жугьаби:\nГӏагараб росулъе дун вуссун вуго,\nСверухъ хасалихълъи тӏибитӏун буго.\nГьидерил расалъи батана ахир,\nКивехун аниги, дуниялалъул."}
{"slug": "20943-chak-alazul-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20943-chak-alazul-balag", "title": "Чакъалазул балагь", "date": "2022-12-02 10:12:49", "categories": ["tab"], "text": "Мугӏрузул районазул ва гӏатӏиракьалда ругел росабазул гӏадамазул гӏарз буго чакъалал цӏакъго гӏемерлъун рукӏиналъул хӏакъалъулъ. Хӏатта гьел росабалъе жанирецин рачӏунел руго. Гьез чӏвалел руго рукъалъул гӏисинал хӏайванал ва хӏанчӏи. Гӏадамазукьаги хӏинкъулел гьечӏо. Хабар буго гьел гӏемерлъиялъе аслияб гӏилла бугин Украинаялда унеб бугеб рагъ. Гьениб кьвагьдей гӏемерлъиялъ, нилъер парахатаб ракьалде гочунел ругила чакъалал.\nГьеб масъалаялда тӏасан нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул чанахъабазул ва ччугӏихъабазул гӏуцӏиялъул председатель Мухӏамадсадир Ибрагьимовасулгун.\n— Гӏалхул хӏайванал цӏуниялъул мурадалда, ижара хӏисабалда, нижеда хадуб щула гьабун буго Дагъистаналъул чанахъанлъиялъул 27 бакӏ. Гьел ракьазда нижеца низамалда рекъезабизе ккола гӏалхул хӏайваназул, ччугӏил ва хӏанчӏазул къадар, — ан бицана гьес. — Магӏишатазеги\nтӏабигӏаталъеги цӏикӏкӏараб зарал гьабулел бацӏал, чакъалал, цурдул ва еноталда релълъарал гьаби гӏадал вахӏшиял жанаварал чӏвазеян, нижехъе лицензия кьуна ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъ. Амма чӏвазе кколел жанаваразул къадаралъул кьварараб гӏорхъичӏвай букӏунаро. Исана нижер егераз чӏвана 300 жанавар, гьездаго гьоркьоб — 150 чакъалги. Гӏилла лъаларо, амма бацӏазги чакъалазги зарал гьабулеб бугин абун, районаздаса нижехъе рачӏунел лъазабиял гӏемер гьечӏо. Цебе Росдал магӏишаталъул министерствоялъ жанавар чӏварав чанахъанасе кьолаан гӏарцулаб шапакъат, гьединго колхозалъ — куй. Жакъа гьеб къагӏида гьечӏелъул, чанахъабазул гъира кколеб гьечӏо гьел чӏвазе. Гьеб гуребги, патронал руго цӏакъго хиралъун. Гьезул цо гъутухъалъул багьа азарго гъурщидасаги тӏаде уна. Дица чара гьечӏеблъун рикӏкӏуна, бацӏазде ва чакъалазде чан гьабулел егеразул гъира базабиялъе, цебе букӏараб шапакъатал кьолеб къагӏида цӏигьаби. Гьелъ квербакъила магӏишатазе ва гӏалхул хӏайваназе зарал гьабулел жанаваразул къадар дагь гьабиялъе. Хӏисаб гьабе, цо нухалда рехъалъе кӏанцӏараб бацӏалъ чӏвазе ва лъукъизе бегьула 50-100 гӏиялъажо.\n— Мухӏамадсадир, чакъал кинаб жанавар бугеб?\n— Чакъал букӏуна гьойдасаги гьитӏинаб черхалъул. Куц-мухъалде балагьун, гьеб релълъуна гьитӏинабго бацӏида. Гьеб буго цӏодораб, амма хӏинкъараб жанавар. Жибго цохӏо чакъал хӏинкъула инсанасде гьужум гьабизе, гьаракь гьабуни, гьеб лъутун уна. Амма гӏисинал лъимал гьездаса цӏунизе ккола.\n— Дагъистаналда чан бацӏ ва чакъал бугебали лъалищ нужеда?\n— Лъаларо. Гъоркьиса лъугӏун букӏана Тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъулгун нижеца гьабун букӏараб ижараялъулаб къотӏи-къай, гьединлъидал рес ккечӏо нижер ракьазда ругел жанаварал рикӏкӏине. Маялъул ахиралда нижеца къотӏи-къай цӏи гьабуна ва чанахъанлъиялъул магӏишатал нахъеги нижер къайимлъиялде рачӏана. Бачӏунеб соналъул авалалда чара гьечӏого нижеца тӏобитӏизе буго\nхӏайваназул хӏисаб-суал гьабиялъул тадбир.\n— Вахӏшиял жанаварал, хасго чакъалал, гӏемерлъиялъе гӏилла щиб?\n— Росабазул, кулабазул ва хъутабазул гӏадамаз кьищни-къул рехула цебе ккарал бакӏазде, гьелда гъорлъ рукӏуна кванил нигӏматазул хутӏелал, ракьа-макъар, чед… Гьезул махӏаз рачуна чакъалал росабалъе, гӏадамал ругел бакӏазде. Инсанасда гӏагарда буго чакъалазул кванил база. Чакъалалъ цебе батараб жо кванала. Хӏатта пихъ, борхьал, кьинчал, гӏункӏкӏал, цӏадал хӏамул, хӏанчӏи, амма бищунго гьелъие бокьула балка-\nналъул гьан.\n— Бокьарав чиясул ихтияр букӏунищ чакъалал чӏвазе?\n— Букӏунаро. Лицензия гьечӏого чан гьабизе гьукъараб буго. Амма къанагӏатги букӏунаро бацӏал ва чакъалал чӏваялдалъун гӏадлу гьабиги гӏакӏа къотӏиги.\nХӏалбихьи бугел чанахъабаз абуна, бацӏазде ва цурдузде дандеккун, чакъалазде чан гьаби ва гьел кквей бугила цӏакъ захӏматаб масъала.\n— Росабалъе рачӏунел чакъалаздаса гӏадамазе хӏинкъи букӏунищ?\n— Чакъалазда тӏубан божизе бегьуларо. Хасало хӏинкъи букӏуна ракъарал чакъалазул тӏел гӏурав чиясде тӏаделъиялда. Цоги, чакъал букӏине бегьула тӏури щвараб, ай ццидалаб, жинцаго гьабулеб жо лъалареб. Гьеб тӏаделъизе бегьула бокьарав\nчиясде.\n— Нагагь гьелъ хӏанчӏани, щиб гьабизе кколеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, ругъун бацӏцӏине ккола, хадуб, сапунги бахун, чвахулеб лъеца чуризе ккола. Хӏанчӏараб бакӏ къачӏазе ккола спирталъ яги йодалъ. Гьебго къоялъ ина травматологияб пункталде. Чара гьечӏого гьенир гьаризе ккола собоялда ва тӏурищвеялда данде чӏолел прививкаби.\n— Цо-кӏиго чиясде чакъалал тӏаделъани, гьез щиб гьабизе бегьулеб?\n— Аслияб жо — мугъ цӏуни. Гьединлъидал кӏванагӏан гьаракь биччан, «кумек гьабеян» ахӏдолаго, чӏезе ккола цоцаде мугъалги кьун. Хьвагӏизе ккола кверал ва кодобе щвараб жо, ай чакъалазда бихьизабизе ккола нуж гьездаса тӏадегӏанлъиялда ругеблъи. Аскӏор тӏилал, ганчӏал ратани, гьезул кумекалдалъун чакъалал рачахъила.\n— Абулеб буго, республикаялъул хӏукуматалъ жанаваразул къадар низамалда чӏезабиялъе 1,8 миллион гъурущ биччан бугилан…\n— Гӏарац биччаниги щиб, тендер абун, хӏакимзаби-хӏиллачагӏаз ургъун буго бигьаго жидеего гӏарац гьабулеб къагӏида. «Лъицаялиго» тӏалаб гьабула аукционалдасан жанаварал чӏвазе тендер, гьелъие биччараб гӏарцул «гъалбацӏилаб» бутӏа уна хӏакимзабазул чунтбухъе, чанахъабазухъе щолеб жо букӏуна цӏакъго мукъсанаб. Амма хӏиллачагӏазул макру гьелдалъун лъугӏуларо. Гьез, жидецаго «гьабулеб хӏалтӏи»\nбихьизабизе, учузго росула жанаваразул цӏакал, хадур гьел ричула хираго. Къокъго абуни, гьеб гӏарцул цӏикӏкӏарасеб бутӏа уна кибеялиго, лъиеялиго. Гьединал хӏаязе нухалги къан, гьеб гӏарац нижер счеталде бачӏунеб къагӏида гьабуни, гьайгьай, рес букӏина заралиял хӏайваназда\nданде жигараб рагъ баялъул мурадалда егеразул гъира базабизе ва гӏемерал пайдаял хӏалтӏаби гьаризе."}
{"slug": "20944-chiurmutialda-kiudiyab-giazul-va-kkarab-zaralal-ul-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20944-chiurmutialda-kiudiyab-giazul-va-kkarab-zaralal-ul-khiak-al-ul", "title": "Чӏурмутӏалда кӏудияб гӏазул ва ккараб заралалъул хӏакъалъулъ", "date": "2022-12-02 10:31:12", "categories": ["zhurnalistasul-bokion"], "text": "Кӏудияй яц ячӏун йикӏана магӏарухъа. Гьава-бакъ кин бугеб магӏарухъилан гьикъана инсуца, кидаго гӏадин. Цо лахӏзаталда интернеталдасан дунялалъул бокьараб бакӏалда гьава-бакъ лъазе кӏолел нилъее хасиятаб жо гуро гьеб. Гьедин нилъеда кинабго лъала. Эменин абуни, жиндирго тӏахьалгун, газеталгун, харбалгун доб гӏасруялдаго хутӏун вугоан.\n— Магӏарухъ хинлъун буго, кидаго букӏинчӏеб гӏадин хинлъун буго. Боцӏиги буго жеги мучӏдузде гъолеб, рокъоб течӏого. Роцӏцӏарал бакъул къоялги руго, моцӏроца гвангъарал сардалги руго. Мех-мехалда гӏодорлъуда ралел цӏадалги, мугӏрул тӏогьиб гӏазуги — йилан бицунеб букӏана яцалъ.\n— Декабралда цӏад расги лъикӏаб жо гуроха, риидал гӏазу базеги бегьула гьеб мехалъ. Гӏадада гуро умумуз абулеб букӏараб «хаселалъ хасалилаб гьабураб лъикӏилан». Эмен сихӏкъотӏун чӏана. Дида бичӏчӏичӏо, кинаб хурхен букӏине кколеб декабралда бараб цӏадалги рииялъулгияли.\n— Гьениб бугеб хурхен щиб, щай декабралда бараб цӏадалъ риидал цӏорон букӏине кколеб? – илан лъугьана дун.\n— Цо нухалъги букӏана гьедин… Нусгогӏан соналъ цебе. Санайил рукӏун руго гӏазу бачӏел хинал хаселал. Тохлъукьего гьава-бакъги хисун, сентябралъул бакьулъ бан буго гӏазу… росдал харабаздацин жеги гьединаб бихьун букӏинчӏеб гӏадаб.\nГьеб букӏана жеги тӏабигӏат тӏегьалеб гӏуж. Чуялгун гӏи-боцӏиги мугӏрузда бугеб, рехъабиги мучӏдузда ругеб заман. Цин рана хехал, халатрахъарал, цӏорорал цӏадал, хадуб тӏаде гӏазуги бан, цӏорона кинабго дунял. Тохлъукьего гьединаб гьава-бакъалде хӏадурун букӏинчӏо Анкьракь. Зобги ракьги батӏа бахъизе бажарулареб, гӏазул океаналъул бакьулъе ккарал чагӏи гӏадин, щиб гьабилебали лъаларого хутӏун рукӏана гӏадамал. Тӏун рачӏунел гӏансазул гьаркьаз гьоркьоб къинабулеб букӏана боцӏи-панзалъул гӏергӏедиги, чуязул хӏихӏидиги, чахъабазул гьаркьалги, гӏадамазул кумек гьарулеб ахӏиги.\nРагӏа-ракьан гьечӏого балебго балеб букӏана гӏазу. Мех-мехалда магӏардаса гӏурухъехун рачӏунел гӏадамал дандчӏвалаан, къаси-къаси росабалъ данделъун, гьеб ракӏалдаго гьечӏого бачӏараб балагьалдаса кин рорчӏилелали, дандбалеб букӏун буго гӏадамаца…\nАнкьракьалъул мугӏруздаса гӏиял рехъабиги чуялги хасел тӏамизе Цӏоралде, Алазаналъул жаниблъиялде ине кколаан. Гьеб соналъ гӏазуца нухги къан, Кӏудияб Кавказалъул мугӏрул балалъан Чӏурмутӏ батӏа гьабуна дунялалдасаго. Чанго къоялдасан щуго жамагӏаталъул вакилзабиги данделъун хӏукму гьабуна Цӏоралде нух рагьизе, гурони кинабго гӏи-боцӏи, чуял ва гӏухьби гьенирго гӏунун хвеялда хӏинкъи букӏана.\nГӏазу рехулел бугьнал, рахханалги кодор ккун рахъана гӏадамал тӏабигӏияб балагьалде данде. Гьез бацӏцӏад гьабураб, тӏеренабго сухъмахънухдасан цо-цоккун, галиги лъун – рукӏкӏада хадуб кунгӏадин — рачӏине лъугьана гӏиял, чуял ва гӏадамал Цӏоралъул рахъалдехун унел чӏедерал сухъмахънухал ккун. Парсаздаса тӏун, тӏино гьечӏеб гъварилъуде тӏерхьунел рукӏана цо-цо чуял, хутӏарал, жидерго нухда цере рилълъунел рукӏана. Киналниги Анкьракьалъул гӏиял рехъабазул бащдабгицин щвечӏо Цӏоралде, гьенир цӏорон хванщинал чахъаби Чӏурмутӏалъулги Цӏоралъулги ракъарал бацӏазухъе ва циязухъе щвана кваназе.\nДида гьеб бицун букӏана мунагьал чураяв Гӏали-вацица (Губур- Гӏали абулаан гьесда Чӏурмутӏалда -ресалда вугев, къадру-къимат бугев чи вукӏана), гьесие гьеб гӏазу бараб заманаялъ букӏун буго 30 сон. Гьеб букӏун буго 1920 абилеб сон — йиланги абун эмен лъалхъана.\nДир беразда цере паркъолел рукӏана гьитӏинаб мехалдасаго лъалел бакӏал. Дие захӏмалъулеб букӏана цебе чӏезабизе, кин гьел чӏедерал сухъмахънухаздасан, цояб рахъалда тӏаде ралагьун кьураби, цогидаб рахъалдасан тӏино гьечӏел кӏкӏалал, риидалгицин ине хӏинкъарал бакӏаздасан, гьеб кӏудияб гӏазулъан, гӏиял рехъабиги, чуялги, гӏадамалги аралали. Цо тарани – тӏино гьечӏеб гъварилъуде рортулел бакӏал руго гьенир.\n— Щибха ккараб?… Кинаб рахъалдасан доз Цӏоралде нух бахъараб? — йилан гьикъана дица, гьебго харбиде эмен вуссинавизелъун.\n— Бищун захӏматаб, Машкалкӏкӏал абураб мугӏрул габурлъиялдасан бахъана доз нух. Борхатаб бугониги, гьеб бищунго къокъаб нух букӏана. Гьеб хӏукмуни гьезул битӏараб букӏана, амма гӏемераб зарал ккечӏого гьенисанги рорчӏичӏоха гьел.\nГубур Гӏалица бицунаан, Тӏасияб Колодаса Машкалгӏурухъе лъугьунаго, гӏи чӏанила, цо багъаричӏого. Бадибе пулеб буран, гьоркьосакъотӏи гьечӏого парсахъан тӏолел гӏансазул гьаракь… нахъасан рачӏунезда кинго бичӏчӏизе кӏолеб букӏинчӏо, щай чӏун ругелали. Ккун рукӏана цӏакъ захӏматаб, чара къосараб бакӏалде – цере рилълъинеги хӏинкъараб, нахъ руссинеги рес гьечӏеб, гьеб бакӏалдаго чӏани гӏунун хвезеги бегьулеб. Гьедин, гӏумруги хвелги къеркьолеб букӏана чанго сагӏаталъ ва рехъен дагь-дагьккун цебе билълъине лъугьана. Гьеб хехлъиялда рачӏунел ругони, габурлъи бахине жеги сордоги-къоги къваригӏине букӏана, жеги бащдаб нухги тун букӏинчӏо. Машкалгӏурухъе щолаго бичӏчӏана- щай добгощинаб заманаялъ чӏезе ккун рукӏаралали. Тӏеренаб сухъмахънухалъул рагӏаллъабазда хварал чахъабазул гохӏал рукӏана.\nМаркӏачӏул бер рукӏкӏунеб букӏана. Рукӏкӏиналде, ахирисеб рухӏги кьун, рачӏинел рукӏана гӏадамалги, гӏиялги, чуялги, кьурукь лъугьараб цо нохъогӏадаб бакӏалда сордо базейилан. Гьеб букӏана бураналдасаги рахчун сордо базе бегьулеб бакӏ.\nРехъалъа борчӏараб чахъу битӏун ккезабизеян кьурул рагӏалде кӏиго гали тӏамурабго, Губур Гӏали тӏаде ккола цо гӏодов чӏарав чиясде. Бащдал рагьухъего бералгун, гӏунун хун вукӏуна гьев. Татухун гӏодов чӏарав цӏорон ватилаха. Церехун унезде гьаракь гьабула Гӏалица, гьанив цо чи хун вуго, лъалхъейилан.\n— Мун нижеда хадув вилълъа, гьесда хадур нилъ метер тӏадруссина, гурони, нилъ рехъенгун цадахъ гӏунула гьанир къаси, — йилан жаваб кьола гьесие Кьанада жамагӏаталъул чияс. Гьев битӏаравги вукӏуна, щиб кумек гьабилеб хварасе, чӏагоялгицин хӏалица рагъарулел ругеб мехалъ?\nДоб сордоялъ киналниги Анкьракьалъул тӏасияб мухъалъул жамагӏатазул вакилзаби – Анцӏросдал, Богьнодисезул, Лъебелазул, Кьанадисезул, Чӏурмутӏалъул – киналго ракӏарула гьеб кьуруда гъоркье бураналдасаги рахчун сордо рогьине. Гӏи рикӏкӏиналъул ва лъил кинабали халгьабиялъул я магӏна букӏинчӏо, я гьелъие рухӏ букӏинчӏо. Цӏоралде щваралго гӏужазухъ ралагьун ратӏа гьаризе хӏукму гьабуна. Батаразул батун букӏина, ратичӏони – хӏукму Аллагьасул.\nРадал гӏиялги, цо бутӏа гӏадамазулги Цӏоралдехун ралагьун рилълъана, цогидал хварасухъе тӏадруссана, гьев вукъизе. Кьанадисезул жамагӏаталъул чи гьев вукӏин лъана.\nГьеб къоялъ габурлъи бахана. Ракъарал ва свакарал чахъаби, накабаздаги кколаго — таргьиниса бараб пиринчӏгӏадин, рухӏ лъугӏун, хъуршун унел рукӏуна мугӏрул гъулдулъа гъоркье, гӏазулъ рахчун ругел гъаларал, чӏахӏиял Цӏоралъул рохьазда жанире. Гъотӏода батараб гӏурччинлъи, тӏамхал хъантӏун кваналел рукӏуна гьез, рухӏ хвасарлъиялъе.\nКин гӏадамаз гӏи бикьараб, кин жидералго тӏаса рищаралали дида лъаларо, — йилан абулеб буго инсуца, — амма дида лъалаха доб заманаялъ гӏадамал Аллагьасукьа хӏинкъулел рукӏараллъи ва чияралде хьул лъолеб букӏинчӏолъи — ян тӏадеги жубана.\n— Къуръаналда гьедизе тӏамун ратилаха, чияр жо бачинчӏилан, — абун, дирго пикру загьир гьабуна дица, — гуронани ал рагъуларищ? Цохӏо Къуръаналдалъун ва гьедиялдалъун гурони тӏубалареб суал бугилан ккола гьеб.\n— Лъаларо дида, Гӏали-вацица щибго бицинчӏо гьелъур рахъалъ, цойгидаб бакӏалдасанги дида гьениб ккараб дагӏба-рагӏиялъул щибго рагӏичӏо, — йилан абуна инсуца, — амма гьеб балагьаб соналъул чӏахӏиял чагӏаца жеги-жеги бицуна цо-цо, гӏадамазул бахӏарчилъиялъул, къохӏехьеялъул ва цолъиялъул мисаллъун бачунеб буго.\nЩай херлъунги, унтунги вугев инсуца гьадинаб халатаб хабар дие бицарабали дида лъаларо. Цо ракӏалдаго гьечӏого абураб рагӏиялъ, яги бицараб хабаралъ ракӏалде щвезабун батизеги бегьула. Ургъунго, гьанже заман щванин диеги гьаб лъазейилан бицун батизеги бегьула. Хӏакъикъат Аллагьасда лъала. Гьеб букӏана хвелалде чанго моцӏалъ цебе инсулгун букӏараб ахирисел гара-чӏвариязул цояб. Февралъул анцӏабилелъ эмен Бетӏергьанас жиндихъего вачун ана. Нахъе хутӏана гьесул рагӏаби, ракӏалдещвеял, гьес рицарал жиндир гӏумруялъулги, некӏсияб Чӏурмутӏалъулги гӏажаибал лъугьа-бахъинал, къисаби, харбал, биценал."}
{"slug": "20956-bishchun-giak-ilab-dars-tarikhal-ul-dars", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20956-bishchun-giak-ilab-dars-tarikhal-ul-dars", "title": "Бищун гӏакъилаб дарс – тарихалъул дарс", "date": "2022-12-03 14:36:56", "categories": ["rel"], "text": "(«Къеди ва къедисел» абураб тӏехьалдаса)\nБудалаазул мегӏер\nЦӏад гьарулеб мегӏералда цоги «Будалаазул мегӏер» абун цӏар буго. Гьенир будалаал рукӏунеблъиялде ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго.\nДир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магӏарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гӏодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун, гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелде балагьулев гьав вукӏаго, дов чи, цояб мачуги босун, цевеса тӏагӏун вуго. Жиндихъ хутӏарабги босун, гьевги росулъе вачӏун вуго. Багӏараб кьералъул, цӏакъ берцинго букъараб хьит букӏанила гьеб. Росулъ гьесде рагъун руго дуца гьеб кодобе\nбосизе кколеб букӏинчӏин, гьев будалаазул чи вукӏун ватулин, гьединлъидал гьеб досухъе щвезабизе кколин. Магӏардеги вахун гьес хьит доб иццда лъун буго ва лъабго къоялъ хъаравуллъи ккун чӏун вуго. Вачӏунев чи гьесда вихьун гьечӏо, амма лъабабилеб къоялъ гьеб гьениса тӏагӏун батун буго.\nГьеб магӏарде цӏад гьаризе гӏадамал иналъулги буго гьадинаб къагӏида. Жалхъолеб иццда хӏайванги хъун, (гӏемерисеб нухалъ чӏегӏераб чахъу), какиеги чурун, хӏатӏидагӏицӏго рахунаанила гьелъул тӏогьире. Гьениб дугӏа-алхӏамги гьабун, гъоркьеги рачӏунаанила. Насранияб дин бугеб ва гьелдасаги цебе цӏадуе лагълъи гьабулеб заманалдаги гӏадамал гьеб магӏарде цӏад гьаризе рахунел рукӏун ратилин тола дица. 1980-абилел соназ мацӏазул гӏалимчи Казбек Микагӏилов вукӏана дихъе вачӏун ва ниж Цӏад гьарулеб магӏарде ине къватӏире рахъана. Суратал рахъулел алатал, картаби ва цогидаб къайи букӏана гьес цадахъ босун. Хӏухьбахъизе гӏодор чӏедал, гьев гӏемер валагьулаан цо хъвай-хъвагӏаязде, картабазде, амма щиб гьениб бугебали дида бицинчӏо ва бихьизеги течӏо. Кьурда нахъа, Микагӏилил колодаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб бакӏалда, гьесде гӏанкӏиунти бачӏана ва гьеб сабаблъун ниж нахъруссине ккана.\nКъедисезул обсерватория\nГъазимухӏамадил Амирхӏамзаца бицаралдаса:\n— Гъалбацӏгӏалил Шапигӏил минаялъул кӏиабилеб тӏалаялда, дир рукъалъул хьибилалда букӏараб Кӏушкӏандилазул минаялъул Баходехун балагьараб рахъалда къадалъ букӏана цо натӏ гӏеблъиги, натӏ гӏечӏеб борхалъиги бугеб гордо. Гьеб гордухъанги балагьун, Бахо магӏарда нахъа щиб бакӏалдаса\nбакъ тӏерхьунебали хӏисабги гьабун лъазабулеб букӏун буго цебе къедисез лъагӏалил ригьазул гӏурхъи: хасел чӏей, хасел бащалъи, их чӏей, рии чӏей ва цогидалги гӏужал. Риидал гьеб бакӏалдаса балагьани, кӏиго нухалъ тӏерхьунеб бихьула бакъанида бакъ. Цин тӏерхьун хадуб гьеб чанго минуталдасан баккула ва хадубги тӏерхьуна.\nХанзабазул дагӏба сабаблъун\nХунзахъ-Сивухъа Хъайтмазица\nбицаралдаса:\n— XVIII гӏасруялъул байбихьуда аваразул ханлъун вукӏана хундерил нуцабазул лъабго вацасда гьоркьоса цояв – Мухӏамаднуцал. Мухӏамаднуцалил васал рукӏинчӏо, гьесул вац Булачнуцалил вукӏана цо вас – Гӏумахан, цогидав вац Тӏурарасул вукӏана лъабго вас – Гьанкалав, Мухӏамадбег ва\nЧупан (Чупалав). 1727 соналъ хан Мухӏамаднуцалица аваразул ханлъун лъазавуна Булачнуцалил вас Гӏумахан. Гьелда рази рукӏинчӏо Тӏурарасул васал. Гьелъие гӏиллалъун гьез бачунеб букӏана ункъавго вацгӏаласда гьоркьоса Тӏурарасул Гьанкалав бищунго гӏумруялъ кӏудияв вукӏин ва гьединлъидал гьев мустахӏикъав вукӏин ханлъиялъул тахида чӏезе. Мухӏамаднуцалица Гӏумахан тӏаса вищиялъе гӏилла букӏана гьесул рагъуе бугеб гьунар, ва гьесие гьев жиндирго вас гӏадин вокьулаан. 1729 соналъ Мухӏамаднуцал хвана.\nГьев хун хадуб, Гӏумаханил ханлъиялда дагӏба бугел Тӏурарасул васазул гьесдехун кьал цӏикӏкӏана ва гӏемер кватӏичӏого гьевги ханлъиялдаса хъуштӏизавун, гьенив Гьанкалав щула гьавуна. Гӏумаханица ахӏи бан, гьесул рахъ кквезе Хунзахъе ракӏарана бакӏ-бакӏалдаса гӏадамал: багвалал, чӏамалал, тӏиндал, Ункъракьалъулал ва гьездаго цадахъ Къедиса гӏагарлъиги. Дагӏба цо хъизамалда жаниб букӏиналъ рагьун рагъ лъицаниги лъазабичӏо, амма гьоркьоблъи цӏакъ хӏалуцун букӏана.\n1730 соналъ жидерго лагъзадерил балугълъарал лъимал рикьа-къотӏизе абун, Кӏахъ данделъана лъабавго вацги жиндие кколеб бутӏа босизе вачӏарав Гӏумаханги. Гьеб бакӏалда гьезул нукарзабазда, чукъбузда гьоркьоб дагӏба ккана ва гьеб ярагъ бахъараб рагъалде сверана. Гьеб рагъулъ лъукъана Гӏумаханги, Гьанкалавги, Мухӏамадбегги. Щварал ругъназдасан Гӏумахан сахлъана, амма Гьанкалавги Мухӏамадбегги хвана. Гьедин эркенлъараб ханасул тахиде цӏидасан Гӏумаханги вахана. Гьеб ханлъигун цадахъ кӏиявго вацгӏал хвеялъул гӏайибги жиндие щварав гьес боцӏи бикьун, ракьал кьун гӏагарлъиялда жаниб рекъел-маслихӏат гьабуна, амма вацгӏал Чупаницаги Гьанкаласул вас Амирхӏамзацаги гьелдаса инкар гьабуна, жидеца вацазулги инсулги би бичуларин абун.\nГьеб хӏалалда Хунзахъ хутӏани, жеги биял гӏодоре тӏеялде рачине бегьулин абун, гӏагарлъиялъ гьара-цӏалун гьел мукӏур гьаруна гьениса нахъе гочине. Гьелъие гьез тӏаса бищана Къеди росу. Жидер гӏагарлъиги, ракьги, сверухъ ругел халкъаздаса бакӏарулеб магъалоги бугеб бакӏ бугин гьеб абун. Гьеб ракьалдаса бакӏарараб магъалоялъул Хунзахъе бачӏунеб букӏараб бутӏаги гьенибго гьезие тезе къотӏи гьабуна.\nГьедин, 1730 соналъ жиндир кӏияйго яц Сунтӏазадайгун ва Ханзадайгун Амирхӏамзаги, цадахъ гьесул имгӏал Чупанги Къедире ана ва гӏумру гьабун гьенир чӏана. Баянаб жо буго гьей кӏияйго яц Амирхӏамзацаги Чупаницаги Алдамил чагӏазе гурони цоги бакӏалда кьечӏеблъиги. Амирхӏамзацаги гьезулго гӏадан ячун ятилаха. Жидеда ращадазулгун гурони ригьин гьабулареб къагӏидалъидал гьел гӏадамазул цебе букӏараб.\nХӀX гӏасруялъул байбихьуда Хунзахъа Чупанил Хъарагишицаги кьун йикӏун йиго Къедие яс. Гьединго Къедиса Хунзахъеги, Къедиса Сивухъеги рачу-\nнел рукӏун руго ясал. Гьедин ригьнал гьариялъги, гӏагарлъи-гьудуллъи букӏиналъги бижараб батила, Хунзахъ аби буго «Къадалъаги нах баккулеб Къеди» абун.\nТарихчи Айтберов Тимургун Къедире щведал, нижеда гьениб хабалалъ гьей Ханзадалги Сунтӏазадалги занал ратана. Цӏакъ гъира букӏана Тимурил\nКъедиве щвезе. Тарихалда цӏакъго цӏар рагӏараб бакӏ бугин, гьединлъидал гьенир гӏемерал хӏужаби, баянал, хъвай-хъвагӏаял ратизе кколин абун цоцалъ кверал лъулъалев, яхӏ хун вукӏана гьев. Амма гьеб жо гьениб батичӏеб мехалъ хӏикмалъизеги хӏикмалъана. Хӏисаб гьабидал, бихьулеб\nбуго Къеди росдал хобал чанго нухалъ ччукӏун рукӏин. Гьедин тӏаде бачӏараб ракьалъ рахчун рукӏине ккола басриял хобал. Гуребани, щаклъи гьечӏеб жо буго гьенир 400-500 сон баралги занал ратизе рукӏараблъи."}
{"slug": "20959-makhiachkh-alayal-ul-asliyab-majdanalda-bukiarab-kiudiyab-bazaraldasa-lakhizatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=20959-makhiachkh-alayal-ul-asliyab-majdanalda-bukiarab-kiudiyab-bazaraldasa-lakhizatal", "title": "Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда букӏараб кӏудияб базаралдаса лахӏзатал", "date": "2022-12-03 15:41:57", "categories": ["proishestvie"], "text": "3 декабралда Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда букӏана республикаялъул киналго районаздаса хурухъаби, гӏи-боцӏухъаби, фермерал, найихъаби, ччугӏихъаби ва гьезда релълъарал цогидалги гӏахьаллъараб кӏудияб базар. Гьаб видеоялда жанире рачун руго гьениса цо-цо лахӏзатал."}
{"slug": "21044-kontrrazvedchikasulgun-nak-it", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21044-kontrrazvedchikasulgun-nak-it", "title": "Контрразведчикасулгун накъит", "date": "2022-12-11 08:59:10", "categories": ["gara"], "text": "Гагаринил рорженалъ асар гьарурал азаазар советиял лъималазулго гӏадаб анищ букӏана Хӏасанханилги космонавтлъун вахъине.\nГьелъие гӏоло жив цин рагъулав летчиклъун цӏализе кколилан, Мясниковасул цӏаралда Волгоградалда бугеб рагъулаб училищеялде цӏализе лъугьине ракӏалде ккола гьесда.\nУна гьениве, кьола экзаменалги, гьабула медкомиссияги. Амма ахиралда, офтальмологасде ирга щведал, «пониженное цветоощущение» абураб гӏиллагун, Хӏасанхан нахъчӏвала гьес.\nГьедин, космонавтлъун вахъине букӏараб анищ- ги хӏорлъун, Махӏачхъалаялде тӏадвуссуна гьев.\nКъисматалъ хъван букӏун буго, Адыгеялда пединститутги лъугӏизабун, Хӏасанхан цин Цӏуриб математикаялъулгун физкультураялъул учительлъун хӏалтӏизе, цинги гӏумруялъ КГБялда хӏалтӏизе.\nГьедин гьанже «Россиялъул разведчиказул меседилаб фондалда» хъван буго Чӏарада районалъул Гьачадаса Хӏасанхан Ибрагьимовасулги цӏар.\nГьеб системаялда хӏалтӏизе гьес байбихьана Болъихъа, хадуб Гъуниса, Махӏачхъалаялдаса. Гӏумрудул 34 сон барав чи витӏана махщел камил гьабизе Москваялдеги.\n«Лъабго соналъин арав чи, 25 соналъ хутӏана дун Москваялда. КГБялъги партиялъул ЦКялъги гьабураб хӏукмуялдалъун миллиял республикабазе кадрал хӏадурулеб программа букӏана. Микьго къоялъ собеседованиеги гьабун, восана дун гьениве», — ян ракӏалде щвезабула гьанже Хӏасанхан Ибрагьимовас.\nЭмен — Ибрагьим\n— Жиндирго инсуца гӏараб цӏалиялъе хӏадурулев вукӏун вуго нижер эмен Ибрагьим. Ликбезалъул кӏиго класс гурони лъугӏичӏониги, гӏараб гӏелму камилаб куцалда лъалаан гьесда.\nЦинги балугълъуде вахиндал, кӏудияв вацасул справкаги бикъун, шагьаралде лъутун вуго гьев. КОР (Канал им. Октябрьской Револиции) бахъулеб бакӏалда хӏалтӏун, хахол чакмабиги щун рукӏун руго инсуе. Хадув Роза Люксембургил цӏар лъураб совхозалда цӏа свинабулев чилъунги, Гъунив чотӏахъабазул милициялъул начальник- лъунги хӏалтӏун вуго.\nГӏемерал лъугьа-бахъинал ккарав чи\nвуго эмен. Гьесул вацас бицунаан цо нухалъ къваригӏелалъ Унсоколове щварав жив витӏанила милициялде, Садулаев Мухтар Ибрагьимович абурав чиясухъе. Вагь, талихӏ кканин гьав жиндир гӏадаб цӏарги фамилияги бугев чи ватиян ракӏалдеги ккун, вилълъанила жаниве, вугилаха ватулев жиндирго гьитӏинав вац (доб мехалда гьесул справкаги босунлъидалха гьев росулъа къватӏиве ун вукӏун вугев, гьелдаса нахъе Ибрагьим вугеб бакӏ лъалев чи гӏагарлъиялда гьоркьовги вукӏун гьечӏо).\nХадув нижер эмен хӏалтӏана Чӏарада районалда заготовкабазул министерствоялъул вакиллъунги, районалъул нухмалъиялдаги, гьенисан витӏула Болъихъе. Гьенив гьавуна дун.\nХадув, 1945 соналда, эмен витӏана Чачанлъиялде ВКП(б)ялъул Рилъаб районалъул кӏиабилев секретарьлъун.\nГьениса тӏадвуссиндал, нижерго районалда тӏоцевесев секретарьлъун тӏамуна.\nЖив Чӏараде колхозалъул председательлъун витӏеян Данияловасда аскӏове индал, дос инкар гьабун буго гьесие. Райкомазул секретаралги лъикӏал хъулухъазда ругел цогидал гӏадамалги колхозазул председателаллъун ритӏулеб гӏадат букӏана 1950 абилел соназда – «поход 25-тысячников» абулаан гьелда.\nГьедин, Данияловас инкарги гьабун, къватӏиве вачӏунев нижер инсуда данде ккун вуго Расул Хӏамзатов. Хъваш-башги гьабун, ккараб жо бицун бугоха гьесги. Гьеб мехалда Расулица абун буго, чӏайин, жив гьабсагӏаталда инин Данияловасухъе. Гьедин, Расулица мукӏурги гьавун, витӏана ахирги Гӏабдурахӏманица эмен колхозалъул председательлъун.\nДица гьеб киналъулго хъван буго «Контрразведчикасул хъвай-хъвагӏаязда».\nБеручил тухум\nГьеб тӏехь гуребги, нижерго тухумалъул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазеги ракӏалде ккана дида.\nИнсул вац Мухтарица бицун лъала дида нижер тухумалъул гӏемерисеб тарих.\nГьес абулаан кьолбол кӏудиясда цӏар букӏун бугин Беруч – Берцинав чиха. Гьединго Надиршагьида данде рагъизе арал къаралазул бодул цевехъан Мухӏамаднурги вукӏун вуго нижер кьолбол чи.\nПалхӏасил, дагь-дагьккун дида бичӏчӏана гӏицӏго дихъаго гьеб тӏехь хъван бажаризе гьечӏолъи.\nГьеб мехалда вацгӏал Мухтарил Мухӏамадида (Дербенталъул чогърол заводалъул генералияв директор – авт.) дандги бан, нижеца къотӏи-къай гьабуна тарихалъулгун археологиялъул рахъалъ РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб институталъулгун. Гьедин тарихчагӏи Шагӏбан Хӏапизовасги Мухӏамад Шейхмухӏамадовасги лъабго соналъ тӏад хӏалтӏун хъвана Къарахъ обществоялъул хӏакъалъулъ гьеб тӏехь.\nПачалихъалда жаниб пачалихъ гӏадаб бакӏ букӏун буго гьеб Къаралазул бо – жидерго аскаралги, гӏорхъабиги, администрацияги, мактабалги, цогидабги ругеб.\nДов Беручил зонол бекараб кесекги батана Шагӏбанида. Гьенисан цӏалараб хъвай-хъваялда рекъон, Беруч хун вуго 1471 соналда. Гьелде тӏадеги жеги гӏажамалъ хъвараб кагъатги батана Беручидасагун Мухӏамаднуридаса байбихьун хъизан-кулпат рехсараб. Гьеб кагъат, рамкаялда жанибги лъун, Мухтарил Мухӏамадил рокъоб къеда бан буго.\nГьевгун цадахъ цойги тӏехь буго нижеца хӏадурулеб (кӏиго том). Некӏогоялдаса нахъе чӏарадисезул гӏемер рукӏана гӏелму бугел, церетӏурал чагӏи.\nМасала, Гъарабагъалъул ханлъун йикӏана хундерил ханасул яс. Гьочоса Муртазагӏали абун цӏаларав чиясухъе гьелъ битӏараб кагъат батана – духъе витӏулев вугев гьав чиясда Къуръан малъеян хъвалеб буго гьелда.\nБокьун буго гьел гӏалимзабиги, рагъулгун захӏматалъул бахӏарзалги, спортсменалги, цогидалги — киналго цо тӏехьалде руссинаризе.\nМатематик хисун — чекистлъи\n— Хӏасанхан, халкъияб магӏишат гӏуцӏулев вукӏарав инсул вас, мун, КГБялде кин ккарав чи?\n— Цохӏо химиялъе гурони ункъилги ккечӏого, цӏакъ лъикӏ школаги лъугӏизабун, чекистлъун вахъине ракӏалде ккана дида. Доб мехалда гӏемер рукӏана чекистазул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьал, рахъарал киноял. Пропагандаялъул хӏалтӏиги букӏана лъикӏ гӏуцӏун. Гьелдаго цадахъ школалда цӏалулеб мехалда дунгоги вукӏана пионеразул отрядалъул командир, дружинаялъул нухмалъулев, учкомалъул секретарь, армиялдаги вукӏана комсомолалъул организациялъул секретарасул заместительлъун. Армиялда ругел гӏолохъаби куцаралъухъ 1966 соналдаго ВЛКСМалъул грамотаги щун букӏана дие. Институталда цӏалулеб мехалда комсомолалъул комитеталъул членлъунги вахъун вукӏана.\nПалхӏасил, советияб заманалда лъикӏаб гӏадат букӏана бажари бугел лъималазе, гӏолохъабазе хадурккунги церехун ине квербакъулеб. Гьединго унев вукӏана дунги. Гьединлъидал ункъабилеб курсалда цӏалулев дихъе районалъул тӏоцевесев секретарас чи витӏун вачӏун вукӏана, заочноги цӏалун, райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏизе вилълъинарищан гьикъизе. Амма партиялъул хӏалтӏи гьабизе ракӏалда букӏинчӏо дида, щайгурелъул гьедин гьабурабани, тӏуванго гьенивго хутӏулаан дун. Армиялда вукӏагоги абулаан дида партиялде лъугьайин.\nХадуб дица Адыгеялда лъугӏизабуна педагогикияб институт. Доб мехалда Совет Союзалъул программа букӏана гьединаб – улкаялъул гӏадамал данде гьариялъул магӏнаялда гӏуцӏараб. Масала, дагъистаниязе кьураб квота букӏана Москваялда, Ленинградалда,\nРостовалда, Армавиралда, Майкопалда ва цогидал шагьаразда ругел вузазде лъугьине.\nГьедин математикаялъул факультет лъугӏизабунаха дица Майкопалда. Хӏисабалъе лъикӏав вукӏана кидаго.\n— Хадубккун КГБялда хӏалтӏулаго щиб квербакъиха дуе математикаялъ гьабураб?\n— Математикаги къватӏиса улкабазул мацӏалги лъалел чагӏи росулаан гьенире бищун цере. Математика лъалев чиясул гӏакълу-лъайги букӏуна сундулго анализ гьабизе лъалеб. Амма учительлъун хӏалтӏизе бокьиларилан, кӏиабилеб курсалдасанго армиялде ана дун. Лъабго сон бана гьениб. Рагъул соназда гьарурал лъималги дагьал рукӏун, улкаялда гӏезегӏан чи камунги вукӏун, цере армиялде студенталги рачунаан. Ясалгицин ахӏулаан гьенире – командирзабазул хъулухъал тӏадкъачӏониги, богогьабилъун, хъвай-хъвагӏай гьабулел чагӏилъун толаан гьел. Доб мехалда армияги букӏана кӏудияб — щуго миллион чи вугеб.\nХадув росулъ къокъабго заманаялъ математикаялъул учительлъунги хӏалтӏун, анаха дун КГБялде хӏалтӏизе.\n— Гьеб заманалда бищунго сунда данде нуж къеркьезе кколел рукӏарал?\n— Батӏаго Совет хӏукуматалда данде рахъ- унел чагӏи доб мехалда (1970-абилел соназул байбихьуда) рукӏинчӏо, амма ракьуда хурхун гӏезегӏан тунка-гӏусиялги дагӏба-рагӏиги ккечӏого хутӏуларо.\nГьедин цо нухалда хабар бачӏана дун Болъихъ хӏалтӏулелъул Гӏахьвахъ районалъул Тӏарада Инхелоги Цӏолодаги – кӏиябго росу данде унеб бугилан. Гьекъолеб лъеда хурхун кӏудияб дагӏба ккун бугоан гьезул. Цӏолодисезул магӏардаса бачӏун Инхелобе унеб лъим жидеего бачине рогӏразе рахъал рахъулел ратана инхелосел.\nГьелъие гӏоло жидер мегӏер щайин нужеца бухъа-хъвазе кколеб, тӏадежоялъе жидехъа изнуги босичӏогоян, гьезда данде рахъун цӏолодиселги ратана.\nГьелдаго цадахъ районалъул нухмалъиялдаса разилъи гьечӏолъиги букӏана гьезул (жал рехун тун ругила – бащдал гӏадамал Чачаналъ хутӏун ругила жидер).\nТалихӏалъ, хасаб комиссияги гӏуцӏун, кӏиябго росу рекъезабизе бажарана.\nГьединго доб заманалда рукӏунаан гӏакълу гьечӏолъиялъищ яги жидерго гӏамалалъул гӏан-чӏлъиялъищали кӏалдире рачӏарал цере ккарал цӏаралги лъун, батӏи-батӏиял горсвераби гӏуцӏулел гӏолохъабиги. Цо-цо чагӏаз гьел националисталлъунгицин рикӏкӏунаан. Амма букӏинчӏо гьезулъ миллатчилъиялда хурхараб щибниги хӏужа. ДГУялдаги пединституталдаги тӏатинабун букӏана гьединаб кӏиго къокъа.\nПалхӏасил, гӏиси-бикъинал жал гурони, пачалихъалде данде рахъун гьабин абун, цебе рехизе бегьулеб хӏужа букӏинчӏо доб мехалда.\n— КГБгун ФСБялда дандеккун, НКВДялъул рахъалъ беццилеб пикру гьечӏо гӏадамазулъ, гьелъул хӏалтӏухъабаз жиндир заманалда халкъалда квешго кьаби щвезабиялъгӏаги ба- тила.\n— Буго гьединаб пикру, щайгурелъул гӏезегӏан гӏорхъолъа рорчӏарал жал, масала, репрессиялги рукӏиндалха 1937-1938 соназда. Амма бицунебгӏан кӏудияб къадаралда рукӏинчӏо гьел. Репрессиязде цо миллионалдаса цӏикӏкӏун чи кканин бицен букӏана. Хӏакъикъаталда 600 азарго чи ккана.\nГьелъин Хрущевас цо миллионгун 200 азарго чиясдалъун дагьлъизабун букӏараб армияги. Гьезда гьоркьор бащдалдасаниги цӏикӏкӏун чекистал рукӏана.\nЦинги Андропов тӏалъиялде ккедал, дагь- дагьккун байбихьана чекистазул даражаялдеги къадаралдеги кӏвар кьезе. 1980-абилел соназда КГБ лъугьана къуватаб, чӏара-хьараб гӏуцӏилъун.\nШтирлицгун Берия\n— Штирлицил заманалда баккараб цо анекдот буго советиял шпионал тӏатунаанила чайдул стаканалда жаниб гъудалъ чакар багъарулаго гьез гьаракь бахъинабулеб букӏиналдалъун. Немцазул разведчиказ абуни, культура цӏикӏкӏараб букӏиналъ, рагӏун-рагӏулареб куцалда багъарулаанила стаканалъуб гьеб чакар.\n— Гьадингосел гӏахьучӏал руго гьел. Совет Союзалъул гӏадаб разведка лъилниги букӏинчӏо я техникаялъул, яги агентураялъул рахъалъ. СССРалдехун симпатия букӏиналъ, чӏорогоцин хӏалтӏулаан къватӏиса улкабазул цо-цо гӏадамал.\nКутакалда Совет Союзалъул разведчиклъун дандчӏвазе бокьун бугиланги абун, фашисталгун рагъулеб заманалда КГБялъул цо хӏалтӏухъанасухъе вачӏун вугоан гӏолохъанав ингилисав, физик-атомщик. Цӏехон буго щиб махщалие мун цӏаларавилан. Къватӏиса улкабазул мацӏал лъазарулеб факультет лъугӏанин жаваб кьун буго КГБялъул вакилас. Гьедин батани, жинца дуе бицинехъин бугеб тема дагьа-макъабниги лъазе букӏине, гьаниб аскӏоб бугеб цо тукадаса босун брошюрагун, атомалъул физикаялъул хӏакъалъулъ цӏалеян гьарун буго гьесда ингилисас.\nГьедин гьабунги буго КГБялъул вакилас. Цинги анкьидасан ингилисавгун дандчӏвайдал, гьес досда бицун буго немцал атомалъул бомба гьабулел ругилан.\nГьединаб баяналъухъ, баркала хӏисабалда, гьесие гӏарац кьезе лъугьун вуго КГБялъул хӏалтӏухъан. «Чӏа, чӏа, чӏа!» — ян абун буго ингилисас, нужер улка жеги рагъда букӏаго, батанщинал камиял кколел ругебги гӏечӏого, дуца жеги дие гӏарацгийищ кьезе кколебан.\nГьеб балагь чӏезабизе бажарулеб улка дунялалда тӏад СССР гурони гьечӏилан тӏадеги жубан буго ингилисав-физикас.\nУнголъунги доб заманалда нилъер улкаялъ билълъанхъизабулеб букӏараб политикаялъулъ кутакалда кӏудияб хӏаракат Лаврентий Берияцаги бахъана.\n— ???\n— Гьесул хӏакъалъулъ рицунел жал кьучӏ гьечӏел харбал руго. Гьесда цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал чагӏи рихьана дида. Добе-анибе цӏачӏого, чиясда бадибе рагӏиги абулев, лъидаго вачӏев, цебетӏураб пикруялъул чи вукӏун вуго гьев. Цӏакъ берцинал сураталги рахъулел рукӏун руго. Йокьун ячарай лъадиги йикӏун йиго, гьединлъидал руччабазулгун гьесул рукӏарал бухьеналги гьерсал руго.\nРезидентасе гъураб къор\n— Мун Дагъистаналде генераласул хъулухъалде вачӏун вукӏана (УФСБялъул директорасул за- меститель – авт.). Амма дуе гьеб цӏар кьун гьечӏоха.\n— Чӏванкъотӏун кьезе кколин абураб жо букӏинчӏо гьениб, бокьани кьун, бокьани кьечӏого тун гурони.\nАмма хӏалтӏул хӏасилазухъ балагьун, лъикӏаб биография букӏана дир. Гьадал оперативиял хӏаял гурелги, масала, дица ккуна къватӏиса улкабазул хасал хъулухъазул резидентги. Бакъбаккул Европаялъул цо улкаялъул цевехъан чӏвазе винторез босулев ватана гьев. Тулаялда тӏобитӏана гьеб операция. Нижеда байбихьуда гӏадатияв бизнесменин ккун вукӏарав гьев чи хӏакъикъаталда хасал хъулухъазул генерал ватана.\nЦохӏо гьев чи кквезелъун Тулаялда маххул нухлул вокзалалдаса нахъе ритӏун рукӏана уборщицаялде гӏунтӏун киналго хӏалтӏухъабиги пассажиралги.\nАбухъего, «дица тӏобитӏана хасаб операцияйин» абулеб рагӏула цо-цо чагӏаз. Цо чияс гьабулеб жо букӏунаро гьеб. Гьелда тӏад хӏалтӏула тӏубарал институтал, тӏадегӏанаб даражаялъул профессионалазул къокъаби."}
{"slug": "21126-millatal-ul-chaparaldasa-inkar-gabuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21126-millatal-ul-chaparaldasa-inkar-gabuge", "title": "Миллаталъул чапаралдаса инкар гьабуге", "date": "2022-12-16 16:16:09", "categories": ["kolonka-red"], "text": "Хириял миллатцоял!\nКиналго басмабазе подписка гьабулеб заман тӏаде щвеялъ, бокьун буго гьабсагӏаталда хас гьабун гьеб суалалда тӏадчӏей гьабизе.\nНилъер жакъасеб гӏумруги, миллаталъул политикиябгун социалияб цебетӏеялъулъ кколел ругел хиса-басиялги, гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъер умумузул тарихгун маданиятги бихьизабиялъулъ хасаб бутӏа лъола «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги.\nЦогидал газетаздаса батӏияб жо щиб гьелъ гьабулеб бугебин ракӏалде кканиги, буго цо хаслъи «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏулъ. Щибаб анкьалъ цӏалдолезда гьеб кӏалъала гӏицӏго рахьдал мацӏалда – рекъав Тимурги Ираналъул шагьги Дагъистаналдаса къватӏире гъурал умумузул мацӏалда, Кӏудияв Гӏумаханги, имам Шамилги, наиб Хӏажимурадги, Хӏамзатил Расулги, Фазу Гӏалиеваги, Мусаясул Халилбегги ва дунял тун къватӏибги магӏарулазул къадру борхизабурал жеги аза-азар миллатцоял кӏалъалел рукӏараб мацӏалда.\nГьезул ирсилал рукӏиналдаса чӏухӏуларел чагӏи къанагӏат ратила нилъеда гьоркьор. Аллагьас хъван батани, гьеб асар нилъелъ хутӏила жеги гӏезегӏан гӏасрабаз. Амма гьелъие гӏоло нилъеца цӏунизе ккола нилъерго хаслъи. Гьелъие чара гьечӏого къваригӏуна нилъерго мацӏ букӏин. Мацӏ бугогӏан мехалъ миллатги букӏуна. Гурони нилъ сверула кидаяли киргизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовас хъварал гӏадал манкуртазде – жалго раккараб, рачӏараб бакӏ жидедаго лъаларел къавмазде.\nГьединал пикрабаз рахӏатхвезабизе байбихьана 15 декабралда Шамилхъалаялъул почтамталдаса щварал тарихазухъ балагьидал. Гьезда рекъон, жакъа къоялде УФПСалдасан «Хӏакъикъат» газета хъван буго I 398 чияс.\nЦо талихӏалъ, жеги «Дагпечаталдасан» гьабулеб подпискаги буго, жеги редакциялдасан бащдаб багьаялде хъвалел газеталги руго.\nПалхӏасил, подписка лъугӏизе жеги къоял ругониги, жеги цониги газета хъвачӏел росабиги руго Шамилхъалаялъул почтамталдаса бачӏараб сияхӏалда. Масала, Болъихъ районалъул Щодрода, Зило, Гӏалахъ. Гъуниб районалъул микьго росулъ хъван гьечӏо жеги цониги «Хӏакъикъат». Гьел ккола – Сугъралъ, Щулани, Бацӏада, Къорода, Кудали Гьонода, Коммуна, Хӏоточӏ.\n15 декабралдехун бищун гӏемер нилъер газета хъван буго Хунзахъ районалда – 255, хадуб – Шамил районалда.\nАмма 25-30 соналъ цебе букӏараб къадаралъухъ балагьун, гьебги мукъсанаб буго. Щайин абуни, бищун хӏабургъарал 1990 соназул байбихьуда Хунзахъги Шамилги районазда букӏунаан 2 500 азарго газета. Бичӏчӏула, гьелъие батӏи-батӏиял гӏиллабиги руго. Цин бугони, доб мехалда цохӏо гьеб газета гурони букӏунароан цӏализе. Гьанже интернеталъ нахъе цулел руго газет-журналалги тӏахьалги. Кӏиабизе бугони, къо бахъанагӏан рахьдал мацӏаздаса рикӏкӏалъулел руго. Лъабабизе, почалъул цо-цо хӏалтӏухъаби хашго хӏалтӏулел ругин абурал гӏайибалги рагӏула. Ункъабизе, нижги цӏалдолезе бокьараб куцалда, тӏад магӏ чӏвазе бакӏ гьечӏеб къагӏидаялда хӏалтӏулел ратиларо.\nНижерго рахъалдаса абуни, нижеца яхӏ бахъила газета нужее бокьараб куцалда гьабизе. Нужецаги ниж рехун тоге!\nЦо млн магӏарулав вугеб миллаталъе 5 000 экземпляр ралъдалъе тӏинкӏараб къатӏра гӏадаб жо кколаребищ? (5 000 экз. ккола пачалихъалъ бихьизабураб план).\nГьединлъидал хьул буго нилъер миллаталъул чапарлъун, вакиллъун, миллат цолъиялъе аслулъун кколеб магӏарул цого-цо бугеб республикаялъулаб басма — «Хӏакъикъат» газеталъе 2023 соналъе подпискаги гьабун, декабралъул ахиралде ахӏвал-хӏал хисилилан.\nГазеталъул рахъалдасан хадубккунги нужее кумекалъе нижги хӏадурал руго.\nP. S.\nЛъагӏалие газеталъул багьа ккола 1 290 гъурущ. Бащдаб лъагӏалие – 645 гъ. «Дагпечаталъул» киосказдасан босизелъун хъвалеб бугони, лъагӏалие газеталъул багьа бахуна 408 гъурщиде. Нужеца абураб бакӏалде газета щвезабизе редакциялъухъаги бажарула (самовывоз). Гьеб мехалда гьелъул багьа бахуна 600 гъурщиде.\nАдабгун – редактор"}
{"slug": "21179-sportsmen-trener-gialimchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21179-sportsmen-trener-gialimchi", "title": "Спортсмен, тренер, гӏалимчи", "date": "2022-12-20 17:20:04", "categories": ["insan"], "text": "29 ноябралда машгьурав гугарухъан, тохтур, гӏалимчи Гӏали Гӏалиевасул тӏубалаан 85 сон. Гьев гьавуна 1937 соналда Гъуниб районалъул Чӏохъ росулъ.\nГьитӏинго эменги хун, бесдал хутӏарав Гӏали эбелалда ракӏалда букӏана тохтурлъун цӏализавизе. Гьесин абуни гьитӏинаб къоялдаса нахъего абулаан жив спортсменлъун вахъине вугин. Эбелалъе рекӏее гӏолароан васасул хабар. Гьей хӏинкъун йикӏана пагьму бугев вас спорталде машгъуллъун цӏалиги гьабичӏого чӏелин. Амма Гӏалица эбелалъе рагӏи кьуна спорталда цадахъ цӏалиги букӏине бугин. Школалда цӏалулеб заманалда гьесги чанго гӏолиласги, авалмажгиталде рокъоса бусабиги раччун, жалго гугаризе ругьун гьаризе шартӏал гӏуцӏана. Гьесда тӏоцере гугариялъул приемал рихьизарун, малъун руго росуцоял Хӏамзат ва Къурбан Хӏамзатоваз.\nХехаб къагӏидаялда кӏудияб спорталда гъорлъе лъугьарав ва гьенир бачӏинахъего лъикӏал хӏасилал рихьизаризе байбихьарав Гӏалиевасул бергьенлъаби халкъалда ракӏалда руго жакъаги. 1959 соналда тӏоцебесеб разрядалъул гугарухъан Гӏали СССРалъул чемпионаталда бищунго къуватал речӏчӏухъабазда тӏад бергьенлъабиги росун вахана пьедесталалъул тӏогьиве. Финалияб къеркьеялда гьесдаса къурав цӏар рагӏарав спортсмен Мариам Цалкаламанидзеда свакаялъ эхетизе кӏолеб букӏинчӏо. Ургуялдаса гьев нахъе вачана кӏигояс ккун. Гьеб речӏчӏиялдаса хадуб СССРалъул мустахӏикъав тренер Сергей Преображенскияс абуна Гӏали Гӏалиевасул техникаялъги гьунаралъги жив асир гьавунилан. Къуватав, хӏалбихьи бугев Цалкаламанидзе Гӏалица тушеялда лъуравани, абизе букӏанила дагъистанияв тохлъукьего бергьанилан, битӏкканилан. Амма гьес Олимпиялъул чемпионасе ургуялда кьураб гӏакъуба бихьараб заманалда киналго мукӏурлъизе кколел ругила кутакалда къуватав ва гьунар бугев гугарухъан гӏун вачӏунев вукӏиналъе.\nЗаман инелдего Тегераналда Гӏали Гӏалиев вахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун. Гьединаб гучаб къагӏидаялда байбихьана машгьурав гугарухъанасул спортивияб карьера. Гьелдаса нахъе дагъистанияв гӏахьаллъана батӏи-батӏияб даражаялъул турниразда, чемпионатазда, къецазда. Гӏалиев вахъана Европаялъул, щуго нухалъ дунялалъул ва ичӏцӏул СССРалъул чемпионлъун. Гьоркьоса къотӏичӏого залалда ва ругьун гьариялъул тадбиразда лъадарарав чи вукӏуна жавабчилъи цӏикӏкӏарав, сабурав ва мухӏканав. Гьединав вукӏана Гӏали Гӏалиевги. Гугариялда цадахъ гьес бачана цӏалиги. Гӏалиевас гӏицӏго щуйил къиматазда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институт ва хадуб Москваялъул медицинаялъул университеталда цебе бугеб оперативияб хирургиялъул кафедраялда аспирантура. 33 сон барабго вахъана гьев медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъунги. Гьеб гӏужалде щваниги, Гӏалиевас спорталъулгун къо-мех лъикӏ гьабун букӏинчӏо. Ахирисеб, ичӏабилеб нухалъ СССРалъул чемпионлъун вахъана гьев гьеб заманалда. Гьесул гӏадинал хӏасилал ругев гугарухъан тӏадагьаб цӏайиялда жакъа къоялъгицин къанагӏат гурого ватиларо. Гӏицӏго Гӏалиевасе битӏккечӏо Олимпиялъул хӏаязда. Лъабго нухалъ гӏахьаллъана, амма цогӏаги нухалъ призалъулаб бакӏ щвечӏо. Гьединго Гӏали Гӏалиевас нухмалъи гьабуна Махӏачхъалаялъул больницаялъе ва Дагъистаналъул спорталъул комитеталъе.\nДагъистаналда гугариялъе кьучӏ лъурав чи Гӏали Гӏалиев вукӏанилан абуни, мекъи ккеларо. Гьесухъ балагьун гӏемерал гӏолилазулъ бижана спорталдехун рокьи, умумуз лъимал кьезе байбихьана эркенаб гугариялъул секциязде. Доб заманалда республикаялда Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда рагьана гӏемерал спортивиял школал, залал. Спорталъул комитеталъе нухмалъи ва гьединго тренерлъи гьабулагоги эркенаб гугари цебетӏеялда сверухъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьес.\nГӏалил тӏоцересел учениказул цоявлъун ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ Олимпиялъул хӏаязул гӏарцул призер, дунялалъул чемпион, чанго нухалъ СССРалъул чемпион ва призер Мухӏамадхан Гӏарациловги. Гӏали Зуркъанаевич вукӏанила захӏмат, ритӏухълъи бокьулев ва кутакалда Ватӏан хирияв инсанилан бицана гьес нижее.\n— Гьев жиндирго бажари-гьунаралдаса, пагьмуялдаса, машгьурлъиялдаса чӏухӏулароан, яхӏ-намусалъе хилиплъулароан. Абуларищха цо ишалъе гьунар бугев чиясухъа кинабго гьабун бажарулин. Гӏали Гӏалиев вукӏана гьединав. Гугаризего гӏадин, бакӏаб атлетикаялъе, гимнастикаялъе, векеризе, кӏанцӏизеги цӏакъав вукӏана гьев. Гьебго заманалда рехун течӏо цӏали, вахъана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъун. Дир пикруялда, гьесул гӏумруялъулъ рукӏарал бергьенлъаби руго хӏалтӏулъги рокъобги, киса-кибего гӏадлу-низам цӏуниялъул хӏасил. Гьесда цере ругьун гьарулел рукӏарал нижееги щванин тола дица Гӏалил гӏамал-хасияталъул цо къатӏра. Захӏмат бихьичӏого рахӏат букӏунарилан гурхӏел-рахӏму тун тӏамулаан гьес ниж залалда ругьун гьаризе, лъадаризе. Щибаб къоялъ радал сагӏат анлъгоялда хьвадулаан ралъдал рагӏалдеги. Доб заманалда машгьурал спортсменал къанагӏат гурого рукӏинчӏелъул, гьев гӏемер батӏи-батӏиял тадбиразде ахӏулаан, дандчӏваял рукӏунаан. Амма кигӏан хӏалуцараб графикалда хӏалтӏулев вукӏаниги, тренировкабазде Гӏали Зуркъанаевич цо секундалъ кватӏулароан. Ралъдал рагӏалдеги щолаан жиндир заманалда. Гьесие аслияблъун букӏана жинда цере ругьун гьарулел гӏолилаз, спорталдаго гӏадин, цӏалулъги тӏокӏлъи бихьизаби. Магӏарул, гӏурус ва дунялалъулго адабияталдаса захӏмат бокьизе, намус-яхӏ цӏунизе ахӏулел цо-цо мисалалги рачунаан нижее гьес ругьун гьарулелъул. Залалда гӏадлу-низам цӏунуларев чиги гьесие данде кколароан. Цо-цо мехалъ ингилисазул тренерлъиялъул къагӏидаги хӏалтӏизабулаан Гӏали Зуркъанаевичас. Цӏакъго тӏасан ккарасда щвезабизе тӏилгицин букӏунаан кодоб.\nГӏали Гӏалиевасул цого цо вугев вас Зуркъанайида инсул бицунелъул магӏу кквезе кӏвечӏо.\n— Кьварараб гӏамал-хасияталъул ва лъиего рокьи кьоларев чи хӏисабалда лъалаан эмен гӏемерисезда. Амма гьев вукӏана кутакалда хӏеренав, ракӏ тӏеренав инсан. Гьеб бичӏчӏана дида дир лъималаздехун гьесул бугеб бербалагьиялъухъ, рокьиялъухъ балагьун. Жив вугеб бакӏалда киса-кибего гӏадлу-низам чӏезабулаан гьес. Гьеб цӏунизе ва захӏмат бокьиялде куцана инсуца нижги.\n— Инсул нухдасан ине хӏалбихьичӏищ дуца?\n— Къанагӏат гурого рагӏичӏо гьунар бугел эбел-инсул лъимал гьездаго релълъарал рахъанилан. Махщел инсудаса щвезе бегьула, амма гьунар Аллагьас кьола. Эркенаб гугариялде дун хьвадана, цеве вахъана батӏи-батӏиял турниразда. Амма черхалъе гӏемер гӏузраби кколел рукӏиналъ халатккун спорталъулъ хутӏичӏо. Инсул гӏадинаб гьунарги, битӏараб бицани, букӏинчӏо.\n— Инсул цӏаралъ гӏумруялда гӏемер кумек гьабун батила…\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьесул вас вукӏин букӏана дие жавабчилъи цӏикӏкӏараб ишлъун. Инсуда релълъаравлъун вукӏине, гьесул масабалда рекъон хьвадизе хӏаракат бахъана дица кидаго. Киназего мисаллъун вукӏарав инсул васлъун ватиялъ гӏемерал суалал, масъалаби тӏураларищха. Гӏумруялъул нухда кидаго хӏалае ратана гьесда цере ругьун гьарурал спортсменал ва гьалмагъзаби. Мисалалъе, Мухӏамадхан Гӏарациловас, Ихаку Хӏайдарбековас гьабуна гӏемераб кумек.\nСурат босана гьаниса: https://bujnaksk-gid.ru/news/sport/20-let-bez-ali-alieva.htm"}
{"slug": "21234-magiu-kkveze-kivechio-mugirul-rikhidal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21234-magiu-kkveze-kivechio-mugirul-rikhidal", "title": "«Магӏу кквезе кӏвечӏо, мугӏрул рихьидал»", "date": "2022-12-24 16:33:50", "categories": ["gara"], "text": "Гьаб анкьил байбихьуда нижер редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана Турциялъул тахшагьар Анкараялда гӏумру гьабун ругел яцал – 80 сониде яхарай Патӏимат ва гьелдаса кӏиго соналъ гьитӏинай Зекие.\nТурциялъул магӏарулал – гӏажаибаб рекӏел бухӏи рещтӏуна рекӏелъ щибаб нухалъ гьелгун дандчӏвалаго. Умумузул аслу цӏехолел, Шамил имамасул заманалдаса нахъе чияр улкаялдаги рукӏун магӏарул мацӏ цӏунарал гьезде батӏиябго адабги бижула. Зекие цееги кӏицӏулниги ячӏун йикӏун йиго Дагъистаналде. Патӏимат тӏоцее щун йиго. Цересел нухаз, жидерго умумузул наслу цӏехон, гьей щун йикӏун йиго Гӏахьвахъ ва Хунзахъ районаздеги.\nУмумузул аслу цӏехон\nЗекие:\n— Нижер эмен Сейфулагьил эбел-эмен Гӏахьвахъ районалъул Цӏолодаса ва Рацилъа руго. Гьениб гӏезегӏанго гӏагарлъиги батана. Эбелалъул умумул Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъа рачӏарал ругин бицунеб батана. Амма жеги гьелъул мухӏканлъи лъачӏо, гьеб цӏехейги буго нижер мурад. Цебесеб нухалъ росгун цадахъ щун рукӏана Гьоцӏалъе, гьениб нижер гӏагарлъиялъул гӏуж батичӏо.\n— Турциялдаги гьанирги руго Дагъистаналдаса доре рачӏарал умумузул цӏех-рех гьабулел магӏарулал. Гьезулгун бухьен бугищ?\n— Гьечӏо. Бокьила гьезул кумек щвани нижер эбелалъул гӏагарлъи балагьизе.\n— Анкараялдаги руго гӏезегӏанго магӏарулал, гьелгун дандчӏвалищ?\nПатӏимат:\n— Ругин бицуна, амма нижеда гьел лъаларо. Нижго гӏумруялъго лъималги рукъги тӏубан къватӏирего рахъичӏо, гӏадамазда гьоркьоре щолароан. Лъебергогӏан сон буго ниж рии-\nриидал росулъе унаго. Гьениб нижерго ах-хуралде руссун лъабго-ункъо моцӏ бала. Дир бетӏергьанчи Тӏалхӏатги магӏарулав вуго. Гьесги бицуна магӏарул мацӏ. Росасул эбел\nЖавгьарат ва эмен Мухӏамад гьев цӏакъ гьитӏинаб мехалъго хун руго. Эбел Цӏунтӏаса йикӏанин абулеб бати гурони, Тӏалхӏатидаги жиндирго умумузул кьучӏ кисан бачӏарабали\nлъаларо. Лъималазда дагьабго гурони лъаларо нилъер мацӏ. Жидеда малъичӏогоян рукӏуна гьанже абулел. Сверухъ кирго туркал ругеб бакӏалда гьез къватӏиб рагӏулеб мацӏ хехго босана.\nЭбелалъул гӏагарлъиялъул рахъалъ нижеда лъалеб жо буго, Турциялде гочарав гьелъул эмен Гӏумарил лъабго вац Дагъистаналдаго хутӏараллъи. Гьезда цӏаралги рукӏун руго Гӏали, Хӏасанбег ва Мухӏамад-Гъабит. Гьезулги наслаби гӏун ратиларищха гьанир. Эбел хвараб мехалъ Патӏи-матил букӏун буго 4 сон, Зекиял 2 сон. Цоги хъизанги гьабичӏого, жинцаго гӏезарун руго Сейфулагьица лъимал.\nПатӏимат:\n— Нижер инсул эбел Асиятида турк мацӏго лъалароан, магӏарул гурони. Гьитӏинаб мехалъ нижер рокъобги магӏарул гурони мацӏ букӏунароан. Кӏодоэбелалъ гӏодулаго бицунаан нижее Дагъистаналдаса Турциялде жалго гочиналъул. Мугӏрул къотӏун, рохьал чӏван, лъелго рачӏун руго гьел, лъабго моцӏ нухдаги бан. Къад рахчулел рукӏун руго, къаси нухда\nунел рукӏун руго. Балъгоял сухъмахъал балагьун унев цевехъанасе гӏарац кьолеб букӏун буго. Росги хун хутӏарай гьезул эбел, гӏурусаз ясазе гӏакъуба кьелин, васалги гьез рагъде рачун инин хӏинкъиялъ, лъималгун Турциялде гочун йиго. Гьелгун цадахъ батӏи-батӏиял росабалъа гӏемерал магӏарулалги рукӏун руго. Гӏемерисел Сивас вилаяталда чӏун руго, нижер кӏодоэбелалъул хъизан Токъаталда рещтӏун руго. Гьеб вилаяталда кӏудияб кӏиго росу гӏун буго магӏарулазул. Токъат вилаяталда бугеб магӏарулазул Замаир росулъ чӏун руго гьел. Гьанже гьеб росдада цӏар Акбудай хисун буго. «Хъахӏаб ролъ» абураб магӏна буго гьелъул. Лъикӏаб бачӏин кьолел ракьал руго гьенир. Кӏудияб бакӏ кьун букӏун буго магӏарулазе росу гӏуцӏизе, яшав гьабизе. Гьеб дагь-дагьккун турказе бичун, гьанже рекьулел ракьал дагь руго. Нижер эбел Умижат Токъат вилаяталъул Манамах росулъ чӏарал магӏарулазул яс йикӏун йиго.\nБахъухъги белъуна, хинкӏалги рала\n— Нилъер гӏадатазул хутӏелго бугищ гьанже нужер рукӏа-рахъиналда?\nЗекие:\n— Бахъухъги белъуна, хинкӏалги рала, каршги гьабула, магӏарул мацӏги бицуна — гьеб бугоха хутӏун. Цебе росулъ киназго хурзал рекьулаан. Лал тӏамулеб мехалъ балагьеназда\nан. Гьанже гьеб алатги музеялда лъун буго доба.\n— Патӏимат, тӏоцее гьание щведал, мугӏрул рихьидал, щиб асар гьабураб ракӏалъе?\n— Цо хӏикматаб рохелги пашманлъиги бачӏана гьулчун рекӏелъе. Магӏу кквезе кӏвечӏо мугӏрул рихьидал, гӏемер гӏодана. Гьал мугӏрузухъ балагьун гӏорцӏуларого, умумузул ракьал-\nдаса урхъиго буссунарого йиго дун, — ин абуна Патӏиматица шакъраххунаго. — Ахӏул Гохӏде щведалги чвахана магӏу. Цӏакъ лъикӏаб иш гьабун буго гьенибе тӏаде нух къайги. Гьеб ра-\nгьун букӏарабаниги кӏвелароан дол биял тӏураб ракьалда хӏетӏе чӏезе. Дун цӏакъ разиго йиго гьаб сапар гьабизе Аллагьас дие къуват кьеялдаса, щукру гьабулей йиго. Лъеберго соналъ цебе дида макьилъ бихьана дунго Дагъистаналде щун. Сверухъ гӏурччинхариде щуб ккараб рогьалил гӏуж букӏана, цо борхалъудаса мугӏрузухъ балагьун йикӏана дун. Макьу тӏубана Ахӏул Гохӏде щведал. Ниж гьанире унел рукӏин лъайдал, дир яс йикӏана йоххиялъ гӏодулаго кӏалъалей. Дир гӏумруялъулго анищ букӏаралъулха умумузул ракьалде\nщвезе. Жеги цӏикӏкӏараб чӏалгӏен букӏана гьанибе нижер чӏахӏиязул.\nПатӏиматил щуго лъимер буго, Зекиел лъабго. Гьезулги наслаби гӏолел руго Турциялда, Германиялда, Индонезиялда.\nЗекие:\n— Гьитӏинаб мехалъ кидаго кӏодоэбелалъ бицунеб букӏиналъ батила, макьилъ бихьулаан дида Дагъистан. Макьу бицине нечолаан, гӏумруялъ бихьичӏеб бакӏ дуда макьилъ\nкин бихьулеб абун дидаго тӏад релъанхъилин. Дол, макьабалъ рихьарал мугӏрул, гӏорал ратана дида гьанир хӏакъикъаталдаги.\nБаркала Путиние, дин гьабизе эркенлъи кьуралъухъ\nИсанасебги сапаралдаса гьаниб гьудулзабаз ва гӏагарлъиялъ гьабураб хӏурматалдаса кутакалда разиго ругоан Патӏиматги Зекиеги. Гьел щун руго Цӏолоде, Рацилъе, Ахӏул Гохӏде, Дербенталде. Гьоболлъи бан буго Кокрекалда, Цӏияб Цӏолода, Гъизилюрталда бугеб инсул гӏагарлъиялъухъ. Дагъистаналда гьезул щулияб гьудуллъи буго Казбек районалъул Гуниялдаса, Дагъистаналда машгьураб, Ильясовазул хъизаналъулгун. Турциялда цӏаларай жидерго ясалдаса лъан руго Ильясовазда Сейфулагьил ясал, гьезул хъизан-лъимал. 2004 соналдаса нахъе, божараб гӏагарлъи гӏадин, бухьеналда руго гьел.\n— Цеесала магӏарухъе рахунаго нухал цӏакъ хӏинкъарал рукӏана. Машинаялда унаго кӏкӏалахъеги балагьун, дунго хваниги кӏваричӏин, цадахъ ругезе къварилъи ккогегиян гьару-\nлей йикӏана, — ян ракӏалде щвезабуна Патӏиматица. — Гьанже санагӏатал, гӏатӏидал нухалги руго, гӏадамазул яшавги берцинлъун буго.\n— Гьанирго чӏезе бокьилищ гӏумру гьабун?\nПатӏимат:\n— Бокьиларищха нилъерго ракьалда, нилъерго гӏадамазда аскӏоб. Амма лъимал-хъизанал дора ругелъул. Доба яшавги тун гьел гьанире рачӏинаро, амма бихьизе киназего бокьун буго. Гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал бихьизегӏан нижеда кколаан Дагъистаналъул халкъ гӏакъубаялъулъ, мискинго, гӏурусаз къварид гьабун бугилан. Нижеда гьедин бицунаан мактабалдаги. Лъикӏаб магӏишаталда руго нилъер гӏадамал гьанир. Баркала Путиние, гьес халкъалъул тӏалаб гьабулеб буго. Дин гьабизе эркенлъи кьун букӏин бихьулеб буго, Шамил имамасул суратал, цӏар гьукъун гьечӏо. Гьелдаса йохана дун.\nНаслабазда аслу кӏочене тоге\nЗекие:\n— Тӏубараб дунялго цо хъатиниб гьун бугелъул, кир ругониги рес буго кӏалъазеги рихьизеги. Нижер гӏелалда Дагъистан лъазе рес букӏинчӏо, чӏахӏиязул ракӏалдещвеязулъ,\nмакьилъ гурони. Гьанже рес буго магӏарул, гӏурус мацӏал лъазаризе, цоцахъе гьоболлъухъ хьвадизе.\nДагъистаналъул мугӏрузда, магӏарулазда салам бицеян абун букӏана Турциялда бугеб гӏагарлъиялъ. Нижеца гьаб газеталдаса киназдего салам битӏулеб буго. Магӏарулал сах-\nсаламат рукӏине бокьила, рагъ-кьалалдаса цӏунаги Дагъистан. Зодоса рахӏмат, кодоса баракат камугеги нилъер халкъалъул.\n— Нужеца бицунеб магӏарул мацӏалда хӏайранлъун руго ниж. Рахьдал мацӏ лъаларел магӏарулазул гӏисинаб гӏелалда, гьезул эбел-инсуда щиб абилеб?\nПатӏимат:\n— Гӏурус мацӏ лъазеги бицинеги ккела. Гьаниб кӏудияб хӏукуматалъул хъвай-хъвагӏай гьеб мацӏалда бугелъул. Амма дир ракӏ къварилъана магӏарул мацӏго бичӏчӏуларел лъимал гьанир ратидал. Гьалгощинал чагӏи магӏарул мацӏалда кӏалъалеб бакӏалда, магӏарул халкъалда гъорлъ гӏолел лъималазда гӏурус гурони мацӏ лъалеб гьечӏо. Гьелдаса\nпашманлъана дун. Наслабазда жидерго аслу кӏочене тогеян гьарилаан дица магӏарулазда. Берцинаб мацӏ буго нилъер, дунялалда гӏумру бугебгӏан мехалъ гьаб мацӏ цӏунун букӏине бокьила. Цоги, виза гьечӏого ине рачӏине рес бокьилаан. Гьаниса доре эркенго рачӏине рес буго, амма нижее визаялъул рахъалъ захӏмат буго. Турциялдаса гьанире рачӏине изну кьоларого букӏуна бокьараб мехалъ. Нижее, херал чагӏазегицин гӏемер мех бана виза кьоларого. Гьеб бигьа гьабуни бокьилаан Россиялъул хӏукуматалъ.\nИргадаз бицунеб гьезул харбихъ гӏенеккун чӏалгӏунеб хӏал букӏинчӏо кӏиго сагӏаталъ бицаниги. Нижецаги къокъго бицана гьезие магӏарул газеталъул тарихалъул. Газеталъе кьучӏ\nШамил имамасул васасул ясалъ лъейги цӏакъ рекӏее гӏуна гьезие.\nАхиралдаги. Нижехъа бегьанагӏан мухӏканго кьуна Цӏолода наслуялъул Сейфулагьил ясаздаса щварал гьезул наслуялъул баянал. Гьезие цӏакъ бокьун буго эбелалъул гӏагарлъи батизе. Турциялда яги Дагъистаналда гьезул хӏакъалъулъ щибниги лъалев чи ватани бокьилаан нижехъе редакциялде хъвани."}
{"slug": "21235-l-aral-l-ikil-i-bichichiize-gior-k-ulchiize-kkana-ditsa", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21235-l-aral-l-ikil-i-bichichiize-gior-k-ulchiize-kkana-ditsa", "title": "«Лъарал лъикӏлъи бичӏчӏизе, гӏор къулчӏизе ккана дица»", "date": "2022-12-24 17:34:03", "categories": ["gara"], "text": "2012 соналъул ноябрь моцӏалда РГВК телеканалалдасан Гъазимухӏамад Гъалбацӏовас Фазу Гӏалиевалъулгун гьабун букӏараб гара-чӏвари\n— Чӏужугӏаданалъ хъварабги бихьинас хъварабги бокьараб жанралъул асаралда гьоркьоб батӏалъи букӏунищ?\n— Дица цо макъалаялда (гӏурус мацӏалда хъвараб) хъван букӏана, чӏужугӏаданалъ хъвараб бугин абун, цӏаличӏого добехун тӏехьги рехуларо, бихьинчиясул бугин абун, квешаб тӏехь цӏализеги цӏалуларо. Батӏалъи гьечӏо. Дие лъикӏал асарал ругелдаса нахъе, бихьинчияс хъван ратаниги, чӏужугӏаданалъ хъван ратаниги батӏалъи букӏунаро.\n— Масала, дур хабаралда буго, нухдасан уней цо яс, цӏадукьеги ккун, гьелъие гъал бакӏлъанилан. Гьеб жо бихьинчиясда хъвазе кӏвелаандай? Масала, дир ботӏролъе бачӏинароанха, гъал бакӏлъанилан хъвазе.\n— Мусаца гьелдасаги квешал хъвалаан (елъулаго). Батӏалъи буго лъикӏабги квешабги асаралда гьоркьоб. Щайха, гьедин батани, сордо борчӏун цӏалулел Цветаева, Ахматова? Гъозде данде щолел бихьинал –поэтал гӏемер гьечӏо.\n— Фазу, дуца гӏемераб жамгӏиябги политикиябги хӏалтӏи гьабуна, политикал ругел бакӏазда кӏалъазе яхъана. Политикаялъги жамгӏияб хӏалтӏиялъги творчествоялъе кумекищ гьабулеб яги квалквалищ?\n— Дун политик гуро. Дица кидаго абула, дун политик гурей, жамгӏияй хӏаракатчӏужу йигин. Политикаялъ руччаби ракъвазарула. Гъозул чорхолъ бугеб хӏеренлъиги хӏасралъаги, жидедаго лъачӏого, дагь-дагьккун гъозулъа тӏагӏуна. Гъол лъугьуна политикаллъун. Хъачӏлъи цӏикӏкӏуна. Дида ккола, жамгӏияб хӏалтӏиялъ хъвадарухъанлъиялъе кӏудияб кумек гьабунин. Дихъе гӏемер рачӏуна гӏадатал магӏарул руччаби. Гьезухъ гӏенеккараб мехалъ, дида ккола гьаздаса гӏакъилал руччаби кирниги ратиларин ва дун гьазулъеги киданиги яхъунарин. Цо-цояз бицараб жоялъ дие асар хъвазе хӏадурараб сюжет кьола. Гьагъадигӏанги жаниса рацӏцӏадал, ракӏрагьарал, щибниги жидеего тӏалаб гьабичӏого дуниял гьабулел ругел руччаби, нилъер гьанир цӏакъ гӏемер руго. Гьезул щивасул гӏакълу, цӏадул хӏенхӏал гӏадин уна дир рекӏелъе. Цинги, гьел хӏенхӏалги ракӏарун гьелъул гьабула кӏудияб цӏа — дирго асарал.\n— Жакъасеб магӏарул литератураялда хадуб халкколеб батила дуца. Гӏолохъанал хъвадарухъаби сундулъ мекъи кколел ругел?\n— Гьезул гъалатӏ буго, гъварид гьабичӏого, жидедасаго цере рукӏарал, кӏуди-кӏудиял хъвадарухъабазул асаралги расги лъаларого, цӏализеги цӏаличӏого, цоцазда релълъарал асарал хъвазе лъугьунел руго гьел. Эбелила, кетуйила, гӏакайила, чуйила… Дихъе гӏемер рачӏуна гӏолохъанал шагӏирзабаз жидерго асарал. Гьел цӏалидал, дида ккола дица гьеб цӏалун букӏанилан. Гъварилъи гьечӏо, гӏумру гьечӏо. Дица гӏолохъанал шагӏирзабаздехун, хасго ясаздехун юссун. Кӏиго кваркьи букӏине ккола шагӏирасда: цо кваркьи — бихьинчилъи, живгоги, жиндирго цӏарги цӏунизе бахӏарчилъи, цоги кваркьи — Ватӏаналде, магӏаруллъиялде, хъизан-лъималазде бугеб рокьи. Гӏадамалги гӏумруги лъачӏого, валлагь, дица хъвалилан хъвараб жо цоцазда релълъинчӏого хутӏулеб гьечӏо. Гьеб гӏадамазеги къваригӏун гьечӏо. Кинабго цӏакъго релълъараб бугинги абизе бегьиларо, амма гъозда батулеб гьечӏо гӏадамазе бокьулеб хӏалалъ хъвазе жо. Масала, гӏадамазул къисмат, цоязда бихьараб, цогиязда бихьичӏеб къо…Нилъер гӏумруялда ккечӏеб жо жидерго творчествоялде рачараб мехалъ, гӏадамазе гьеб къваригӏун букӏунаро. Гӏадамазе къваригӏуна, нилъеца хъвараб жоялдасан, жидерго къварилъиги дагь гьабизе, гӏатӏилъиги цӏикӏкӏинабизе.\n— Гьебни дида абулеб гӏадаб жо бугин ккола дуца…\n— Гьечӏо. Дур дурго нух буго, дуца проза цӏакъ лъикӏ хъвала.\n— Литератураялда жаниб дуца хӏалтӏизабичӏеб жанр хутӏичӏо. Драматургиялъулги дурги щиб ккараб?\n— Дида кутакалда лъикӏ лъала руччабазул хасиятал. Дир лъимерлъи ана росулъ. Дир кӏодо йикӏана тӏалъиялда цӏар рагӏарай маслихӏатчӏужу. Гьелдасан дида цӏакъ гӏемераб жо лъана. Эбел 26 сон бараб мехалъ, къороллъуда хутӏана. Гьелде аскӏоре рачӏунаан, рагъда росал чӏварал гьейго гӏадал къоролзаби. Гьез цоцазда бицунеб толеб жоги, гьезул щиялъул хасияталги дир рекӏелъ кидаго хутӏана. Дида кӏолаан драматургиялъул даража кутакалда борхизабизе. Тӏоцебесеб курсалда хъвана дица кӏиго пьеса ва битӏана нилъер культураялъул министерствоялде. Кӏиябго лъуна батӏи-батӏиял миллатазул театраз. Дир кӏиабилеб пьесаялъул кӏудияб успех букӏана. Гьеб бихьараб мехалъ, дун чӏезаюна. Дун чӏезайизе кӏолел чагӏи рукӏана дора. Гьебмехалъ дицаги гьеб жибго тана, гӏурус мацӏалдаги магӏарул мацӏалдаги проза хъвалеб мехалъ, дие гьеб щайилан.\n— Мунагьал чураяв Расул нилъедаса ватӏалъидал, дуе щиб камураб? Гьесул творчествойищ, гӏадан хӏисабалдайищ, ракьцояв ялъуни нилъер литератураялъул лидер хӏисабалдайищ?\n— Дирги Расулилги кинаб гьоркьоблъи букӏарабали гӏемеразда лъала. Цодагьалъ цебегӏан, къватӏисан уней дида рихьана гъала-гъважа балеб кӏуниялда аскӏоре ран гӏемерал тӏахьал. Дида гьениб бихьана дие бищунго бокьулеб гьесул «Чаша жизни» абураб тӏехь, тӏад ккалги чӏван, биччун. Дица рокъобеги босун, бацӏцӏа-бакун, бакъвазеги гьабун, гьаниб буго гьеб тӏехь. Дие Расулил кучӏдулги кутакалда рокьула, амма киналго гуро. Гьел киналго дида рекӏехъеги лъала. Расул вукӏана пагьмуги гьунарги кьун вижарав кӏудияв шагӏир. Гӏакълуги, гъварилъиги, борхалъиги кинабго букӏана гьесул гӏисиналги чӏахӏиялги кучӏдузулъ. Амма дица гьесда жиндагоги абун букӏана, кӏудиял поэмаби дур гӏемер лъикӏал лъугьунарилан. Цо нухалъ, дару босизе аптекаялде щварай дида шкафалда тӏад лъун бихьана Хӏажи Махӏачевасул суратги тӏад бугеб «Чӏегӏераб ящик» абураб Расулил поэма. Дица гьеб рокъобеги босун цӏалана. Дидаги Расулидаги гьоркьоб гьогьен ккун гӏемерал сонал ун рукӏана, амма гьеб поэмаги цӏалун, Расулихъе кӏалъана дун. Дида кӏвечӏо кӏалъачӏого чӏезе. Патӏиматица абуна, тӏуртӏудулел квераз хъванин гьес гьеб поэмайилан ва гьесухъе кьуна телефон.\nМугӏрул тун, рахъ-рахъалъ рехъенги биххун,\nХутӏарав вехь гӏадин вуго дун жакъа.\nМун- хадув вачӏунев, дуда дандчӏвачӏищ,\nДир соназул рехъен рахъ-рахъалъ араб?\nСамолет бухӏарав, парашют гьечӏев,\nПилот гӏадин вуго гӏодов унев дун.\nГӏолохъанав гьудул, дуда батичӏищ,\nДир чӏаголъиялъул чӏегӏераб ящик?\nДоб мехалъ Наби цӏакъ унтун вукӏана. Гьесухъеги кӏалъан, гьениса мухъал дица гьесие рекӏехъе цӏалана. Набица абуна, кӏиго сагӏаталдасан поэма гьанибе щвезабейилан. Хадуб, гьебги цӏалун гьевги гӏодана.\nРасулица ахирияб поэмаялъ бихьизабуна, жинда гӏадин поэма хъвазе Дагъистаналда лъиданиги лъалареблъи. Дие гьеб кутакалда бокьула, гьеб гӏурус мацӏалде буссинабунги бажарунаро.\n— СССРалъул заманалда кӏудияб кӏвар кьолаан идеологиялде. Тӏехь бахъаралъухъ гонорар кьолаан хъвадарухъанасе. Жакъа гӏадин букӏунеб бугони, нилъер магӏарул литератураялъе мукъсанлъи ккелебдай?\n— Хъвалел чагӏи дагьлъиларо, лъикӏаб литератураги букӏинаро. Дудаго бихьулеб гьечӏищ, кигӏан гӏемер гӏала-гъважа къватӏибе бачӏунеб бугебали. Тӏаделъун, гӏемераб заманги хвезабун, лъикӏал тӏахьал хъвазе дол пакъирзабазул рес букӏунаро, гьел кир ругониги хӏалтӏизе ккола. Доб заманаялъ гӏадин миллияб литература киданиги тӏегьан букӏинчӏо. Нилъехъе щолаан цӏализе цогидал республикабаздаса хъвадарухъабазул тӏахьал, съездазде араб мехалъ цоцазда баркулаан. Доб мехалъ кутакалда рес букӏана хъвадарухъанлъун вахъине. Гьабсагӏаталда, мун лъикӏав шагӏир вугинги абун, гьесие гьабулеб щибго кумек-квербакъи бихьулеб гьечӏо дида. Дагьлъила лъикӏаб литература, гӏемерлъила къватӏул литература.\n— Советияб заманалдаги, улка биххун хадубги дуда гӏемерал политикал дандчӏвана. Гьезда гьоркьов унго-унголъунги литератураги бокьулев, гьебги бичӏчӏулев чи ватанищ дуда?\n— Бичӏчӏулиш бичӏчӏуларищали дида абизе кӏоларо. Амма дида лъала, нилъехъе кьолел Хъвадарухъабазул союзалъул членлъиялъул билетал хисана Брежневасе тӏоцебесеб номер кьезе гӏоло. Гьес хъвачӏищха трилогия. Дида бицана, гьес рекӏехъе цӏалулаанин Симоновасулги цогидазулги кучӏдул. Гьаб заманаялъул бицани, дие кутакалда вокьула Путин. Ельциница тӏад малалги чӏун босун кӏкӏалахъе рехана нилъер пачалихъ, цинги, вачӏун Путиница абуна, Россия букӏанила, бугила, букӏинеги бугила. Гьес гьел рагӏаби абулеб рагӏараб мехалъ, асда литература лъалеб бугилан кутакалда йохана дун. Дида лъала, Мухӏамадгӏалие кутакалда Пушкин вокьулеблъи, рекӏехъеги лъала. Дица гьесул юбилеялде сайигъат гьабуна «Пушкин в одном томе» тӏехь. Гьединго, Мухӏу Гьиматовичги вуго гӏемер литератураги цӏалулев, гӏемераб жоги лъалев чи.\n— Жамгӏияб хӏалтӏи гьабулаго, духъе чанги чи вачӏун ватила кумек гьарун. Дуца гьабураб кумек лъачӏел, баркалайилан абичӏел гӏадамал гӏемер дандчӏванищ дуда?\n— Дица гьезул баркалаялъухъ щибниги гьабуларо. Дир мурад букӏуна, щиб гьабунги, рескъотӏарал руччабазе кумек гьаби. Нижеца лъиданиги гӏарац гьаруларо. Хӏамзат Мухӏамадовичас босана нижее кӏиго компьютер, Хӏажи Махӏачевасги босун лъуна нижее цоги компьютер. Гьеб буго гьез жидеего бокьун гьабураб кумек. Дица кидаго абула, гӏарцул цӏар бахъун дида аскӏове чи вачӏунгейилан. Нижехъ гӏарац букӏунаро, дунги гьардезе унаро. Масала, бачӏуна гӏарза. Гьениб бугеб гӏузру тӏубазе кумек гьабизе кколеб идараялде кӏалъала дун гьеб суал тӏубаян. Гьедин, гӏемерав чиясе кумек гьабуна дица.\nГьезда гьеб бичӏчӏараб-бичӏчӏичӏеб дида лъаларо, амма дора-гьанисан баркалаялъул ругьелал гӏемер щола.\n— Пушкиница, Толстояс, Чеховас, Достоевскияс кьураб къиматищ дуе бокьилеб яги халкъалъ кьурабищ?\n— Гьел дуца рикӏкӏанщинал кӏудиял шагӏирзаби дир творчествоялъе къимат кьезе хабалъа рахъинаро. Рахъаниги, бищун цебе дие бокьила, дирго рукъалъ дун кӏодо гьайизе. Нилъер кици буго «Гъанситудахъ хан гьечӏо», — ян абураб. Гъанситухъан байбихьизе ккола ханлъи. Хъизан-лъималаз кӏодо гьаюни, гъолдасан уна хадуб. Дие бокьила эбелалъул рахьдада цадахъ дие бачӏараб, дие хирияб, дида лъикӏ лъалеб, дица жинда кучӏдул хъвараб, дирго магӏарулаца къимат кьезе. Дун гӏемерал шагьаразде щвана, чанги бакӏалда кӏалъазе яхъана. Амма кие аниги, тӏадеги рахъун, халатбахъараб хъатчӏваялдалъун къабул гьаюла гьез дун. Гьез гьединаб къимат кьезеги, узухъда, бокьила дие. Амма тӏоцебесеб къимат кьезе бокьила диего хириял магӏарулаз.\n— Дуца цо бакӏалда хъван буго лъарал лъикӏлъи щвезе, гӏор къулчӏизе кканин жинцаян. Дуца дурго гӏумруялъе кинаб къимат кьелеб букӏараб?\n— Тӏоцебе абуни, дун йиго гӏемераб къварилъи бихьарай чӏужу. Щуго сон барай чӏужу дун йигеб мехалъ, хвана дир эмен. Дун рокъой ясазда гъорлъ бищунго кӏудияй йикӏана. Кинабго гьабулеб гӏайибги эбелалъул диде букӏунаан, кьабгӏулеб зарги диде букӏунаан, дидасан цӏикӏкӏун тӏалабги гьабулаан щибго. Тӏоцебесеб классалдаго дида бихьана дилъго балеб бугеб жахӏда. Лъикӏ цӏалун, гӏемер еццун, Хӏамзатил гӏемер цӏалун. Дица доб мехалъ декломировать гьабичӏеб кечӏ хутӏун букӏинчӏо Хӏамзатил. Дир учитель вуго гьев.\nКӏиго лъимерги тун росасдаса ятӏалъана. Чияр лъималги рачун цоги чиясе инги бигьаяб иш гуро. Гьеб кинабго бихьичӏин телаан дица. Хадуб, бищун дие вокьулев вас дихъа Аллагьас вачун ана. Альхӏамадуллилагь, гьедин хъван букӏун батила. Хадуб, дир кодов, гьагъадигӏан дун хирияв рос хвана. Гьеб кинабго дица къулчӏизе ккана. Тӏаде бачӏараб къо лъимлъун къулчӏулин магӏарулазин гьечӏищха Расулил кочӏолъги.\nДун диего кутакалда йокьула. Дунго йокьиялъ кьола дие дирго цӏар цӏунизе бихьинчилъи, доз-гьаз гьабунщинаб жо дицаго гьабизе бегьунгутӏи бичӏчӏи, дун киназулго берзукь йикӏунелъул, дагьазда рихарай ятаниги, гӏемеразе йокьулелъул Дагъистаналда.\nДица бакӏ ккун букӏаго абила, Фазу Гӏалиева Дагъистаналъе кутакалда камизе йиго. Дидасаги лъикӏ асарал хъвалелги рахъаги руччаби, амма дица гӏадин ракӏ-ракӏалъ руччабазе кумек гьабулей, гӏадамаздаги гурхӏулей, дица гӏадин ракӏбацӏцӏадго руччабазе кумек гьабулей чӏужугӏадан гӏемер ятизе гьечӏо. Дун камизе йиго нужее кидаго.\n— Дур пикруялда, сунца инсанасул гӏумру бечед гьабулеб-релъиялъищ гӏодиялъищ?\n— Гьакӏкӏан кӏалгун, кидаго релъанхъулел рукӏунел чагӏи тӏубарал рукӏунаро. Бечед гьабуларо магӏуялъги гӏумру, амма гъваридго ургъизе тӏамула гӏодиялъе. Щибниги бихьилареб гӏадин нилъ ругеб мехалъ, цо жо бихьидал, нахъа ругездаги хӏинӏкъизе бачӏуна, гъваридго бичӏчӏула, нилъедаги гьеб хъвалеблъи. Дир бералда цебе, бищун дагьалдасан 50 чиясда бихьана бадибчӏвай. Дица кидаго лъималазда абула, киназдаго гъорлъ лъикӏ рукӏаян. Нилъерго гӏадаб ракӏ букӏуна гӏадамазулги. Лъилниги рекӏелъ ругъун лъезе бегьуларо. Дуда цониги нухалъ йихьанищ дун лъилниги асар какулей. Дие бокьараб жо дица беццула, бокьичӏеб жоялъе юцӏцӏун чӏола. Щивас жиндирго гьунаралда рекъон хъвала.\n— Дур гӏумруялда жаниб, гьабизе бокьунги букӏун, гьабичӏого хутӏарабищ гӏемер бугеб яги гьабизе кӏварабищ?\n— Дунго унтараб, гьаб ахирияб заманаялъ дида ракӏалде ккана, хъвадарухъанасе кӏиго гӏумру кьезе кколеб букӏун бугин. Цо гӏумру-гьесда кинабго бичӏчӏизе, цоги- хъвадаризе.\nДир кӏудияб анищ букӏана яс щвезе. Дие ясги щвечӏо, амма ясалъухъ урхъун дун васазги течӏо.\n— Нусазул ясал лъугьинчӏищ?\n— Кутакалда лъикӏал нусалги руго дир, лъиданиги абизе рагӏиги гьечӏо. Амма нусалги ясал кколаро. Гӏапица (дир эбелалъ) абулаан кигӏан лъикӏила дур яс гьечӏей, дуда гьей росасе кьезего кӏвелароанин.\nГьеб анищ тӏубачӏо дир, амма дица анищалъ ургъун букӏаралдаса гӏемер жо гьабуна дица хъвадарухъанлъиялъухъ."}
{"slug": "21355-khialtii-bitiun-una-betier-vugoni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21355-khialtii-bitiun-una-betier-vugoni", "title": "Хӏалтӏи битӏун уна, бетӏер вугони", "date": "2023-01-05 13:36:50", "categories": ["insan"], "text": "Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул кӏалгӏаялда цебе бугеб майдан кьабун цӏун бугоан гӏадамаз. Ракӏалде кколеб букӏана гьениб концерт батилилан. Гьанже театр-концерт бугелъуре данделъулелъулха гӏадамал.\nАмма гӏилла батана батӏияб, ай хӏалтӏухъан кӏодо гьавизе данделъун ратана гьел.\nИсана 27 декабралда 85 сон тӏубалаан захӏматалъухъа хӏинкъичӏого гӏумру тӏамурав, гьединабго тӏабигӏаталда лъималги куцарав Гертмаялдаса Гӏабдулмуслимов Мухӏудин гьавуралдаса. Гьев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда тӏобитӏулеб букӏана данделъиги. Райцентралда гьеб мажлис гӏуцӏиялъе гӏиллаги ккана Мухӏудин КПССалъул райкомалъул секретарьлъун, райисполкомалъул председательлъун хӏалтӏулаго район цебетӏезабиялда лъалеб лъалкӏ тарав чи вукӏин.\n1937 соналъул 27 декабралда гьавурав М. Гӏабдулмуслимов нилъедаса ватӏалъана 2002 соналъул январалда, 65 сонил ригьалда.\nРухӏалда барахщичӏого хӏалтӏулев, захӏматалъул къимат гьабулев чиясдехун сахаватаб бербалагьи Дагъистаналда кидаго букӏана. Гьединлъидал «захӏмат бихьичӏого рахӏат бокьарас, бекьичӏого лъилъе нилъ гьечӏого хур», — ан хъвана Инхоса Гӏалихӏажияс.\nГьесул захӏматалъул нух кидаго бухьараб букӏана районалъул росдал магӏишат цебетӏезабиялда, гӏадамазе рукӏа- рахъиналъе лъикӏал шартӏал чӏезариялда. Бачӏинахъего абизе бегьула церелъурал масъалаби ракӏбацӏцӏадго тӏуразариялъе Мухӏудиница жиндирго сахлъиги лъайги тӏубанго назру гьабунилан. Гьев вукӏана со- ветияб школалда тарбия щварав, партиялъ куцарав, коммунистазул ритӏухълъи рекӏелъ цӏунарав, захӏматалъ лъадарарав хӏаракатчи.\nГӏадада гурелъулха Д. Кеннедица 1963 соналда Америкаялъул конгрессалде битӏараб жиндирго хитӏабалда бихьиза- бураб «космосалда кверщел гьабиялъе гӏоло букӏараб къецалъулъ СССРалъ бергьенлъи босана школалъул партаялда нахъа», — ян. Гьелдаса кӏудияб къимат нилъер букӏараб советияб лъай кьеялъе кинабха букӏинеб!\nГьеб заманалда студентлъун вукӏаго, цӏикӏкӏинабураб стипендия жиндие щолев вукӏарав Мухӏудин Гӏабдулмуслимовас бихьизабуна жив унго-унгояб интеллигенциялъул мустахӏикъав вакил вукӏин.\nМухӏудинил хӏалтӏудехун букӏараб жавабияб бербалагьиялъул бицун данделъиялда кӏалъазе рахъана анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун гьесул гӏелцоял, къайицадахъал, Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакилзаби, магӏарул гурел цогидал районазулги нухмалъулел. Дол захӏматал 90-абилел соназда М. Гӏабдулмуслимовасухъа бажарана районалъул магӏишатазда чӏегӏербоцӏул ва гӏи-цӏцӏаназул къадар дагьлъизе течӏого, гьан, рахь гӏезаби цӏикӏкӏинабизе ва пачалихъалъул планал тӏуразаризе.\nРайоналъул киналниги захӏматчагӏаз гьесие кидагосеб баркала кьола росабалъе газ бачине гьабураб жигарчилъиялъухъ. Гьесухъа бажарана Хасавюрталдаса Азербайжаналде унеб, щивго хъвазе толареб газалъул трубаялдаса пайдаги босун, Казбекалде гьеб халкъалъе цӏакъго хӏажатаб магӏдан бачине. Гьеб букӏана бюрократиялда тӏад босараб унго-унгояб бергьенлъи ва гӏадамазе кӏудияб рохел.\nГьеб гуребги, цогидал суалал гӏумруялде рахъинари мурадалда райисполкомалъул председатель Мухӏудиница партиялъул обкомалде, Министрзабазул советалде гьарурал гьариял, гьесул жигарчилъиялъул, къадру-къиматалъул хӏисабги гьабун, нахъчӏвачӏого тӏуразарулаан. Мухӏудинил гьунарлъун рикӏкӏуна райцентралда бараб гӏатӏидаб культураялъул кӏалгӏаги.\nГьесул хӏаракаталдалъун Дилим, Ленинаул, Калининаул росабазул къватӏазде хъил тӏу- ралдаса тӏубанго хисана гьезул сипат ва гӏумру гьабулезул санитариябгун культурияб даража.\nРайисполкомалъул председателасул гӏадамазда цеве вацӏцӏадго хӏалтӏиялъул хӏакъалъулъ гӏемерал биценал руго районалда. Жакъа захӏматаб жо буго жиндиего давла босуларев хӏаким ватизе. Партиялъул ва советиял хӏалтӏабазда гӏумру аниги, Мухӏудиница жиндиего босичӏо я машина, я рукъ, я ракьул бутӏа. Гьес хӏаракат бахъулаан гӏадамазул мурадал тӏураялъе. Кӏудияб бутӏа лъолаан лъималазе букӏине кколеб захӏматалъулаб ва рухӏияб тарбия кьеялъулъ. Гьединлъидал гӏажаиблъизе ккараб жо гуро республикаялъул батӏи-батӏиял бутӏабазда хӏалтӏулев вукӏарав гьесул вас Гӏабдулмуслимица жакъа Дагъистаналъул хӏукуматалъе нухмалъи гьабулеб букӏин. Къокъабго заманалда республикаялъул экономика ва социалияб рахъ цебетӏеялъе гьесул нухмалъиялда гъоркь гьарулел хӏалтӏабазул лъикӏаб хӏасилги бихьулеб буго.\nГӏ. Гӏабдулмуслимов ккола Дагъистаналъе автономия кьураб 1921 соналдаса байбихьун, 105 соналда жаниб республикаялъул хӏукуматалъул 20-абилев председатель.\nМухӏудинил цӏар кьун буго райцентралъул цо къватӏалъе ва гьев учительлъун хӏалтӏулев вукӏараб Гертма росдал школалъе.\nДанделъиялъул пайдаяб рахъ букӏана гьенир районалдаса рахъарал Россиялъул Бахӏарзал Юрий Салимханов, Арзулум Ильясов, Мухӏамадказим Гайирханов ва гьединго республикаялъул идарабазда хӏалтӏун жал лъикӏаб рахъалдасан рихьизарурал вакилзабазул хӏакъалъулъ бицен гьабиги. Гьел ккола Хӏаписат Хӏамзатова, Гӏабдулвагьид Муслимов, Батир Батиров, Сайгидпаша Гӏумаханов, Салман Хӏажимухӏамадов, Гунаш Набиев, Гӏабдулхӏаким Хӏажиев, Ахӏмаднаби Магьдихӏажиев, Руслан Гьитӏинов, Башир Байтемиров, Назирхан Мухӏамадов.\nГьезул ва нилъедаса ватӏалъун 20 сон тӏубарав М. Гӏабдулмуслимовасул гӏумруялъул мисалал руго гӏолеб гӏелалъ жидедаса пайда босизе рекъарал."}
{"slug": "21356-zaral-gabuleb-zhanavar-chivaze-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21356-zaral-gabuleb-zhanavar-chivaze-kkola", "title": "Зарал гьабулеб жанавар чӏвазе ккола", "date": "2023-01-05 18:48:54", "categories": ["tab"], "text": "Исана бихьа-рагӏаралъул хӏисаб гьабулаго, кинго кӏоларо рекӏелъа инабизе лъагӏалил байбихьуда лъаратӏисезул мугӏрузда хварал анцӏ-анцӏ бисал, дагьалъ цере, Каспиялъул рагӏаллъи цӏун карачалабаз къватӏире рехарал аза-азар тюленал, риидал Кидиро росдада гӏагарлъухъ чакъалалъ чӏварав микьго сон барав вас.\nГьел лъугьа-бахъинал цӏидасанги ракӏалде щвезаруна Дагъистаналъул Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялда гьоркьобе унеб ГКУ РД «ДИРЕКЦИЯ ООПТ, ОХРАНЫ ЖИВОТНОГО МИРА И ВОДНЫХ БИОРЕСУРСОВ» идараялъул нухмалъулев Расул Гӏумаровасулгун букӏараб гара-чӏвариялда.\nЖакъасев гьобол, Чӏарада районалъул Гьочоса Расул Гӏумаров «Хӏакъикъаталъул» гьудуллъун нижеца рикӏкӏана гьес магӏарухъги шагьаралдаги гьабулеб жамгӏияб хӏалтӏи лъан, хӏаракатчилъи рагӏун. Гьесул лъикӏал ишазул хӏакъалъулъ нижеца цебеккун чанцӏулго бицун букӏана. Загьирал лъикӏал ишазухъ батила Расул «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» абураб жамгӏияб шапакъаталъеги мустахӏикълъарав.\n— Расул, бисал цӏикӏкӏараб къадаралда хвеялъе гӏиллалъун гӏияде бахунеб тӏадерахъи (оспа) бугин чӏезабун буго. Мунго божанищ?\n— Ракӏчӏун божула яги божуларин абизе мухӏканлъи дида лъаларо, гьелъул жаваб кьезе тарал хасал идараби ругелъул. Амма гьаб заман буго кинаб рахъалдасан зарал баккилебали лъалареб. Нилъер гӏорхъода ругел улкабазда Америкаялъул биолабораториял рукӏинги хӏакъикъат бугелъул. Гьеб лъугьа-бахъин ккана федералияб заказникалда. Аскӏобго бугеб, нижер тӏалабалде кколеб заказникалда бисазде гьеб унти бахинчӏолъиги гьечӏищха гӏажаиблъи. Гьединлъидал дида абизе кӏоларо бисазе кинаб бугониги загьру щвечӏин, гӏадамаз ургъунго гьабураб заралги гьеб гурилан.\n— Мунго ваханищ бисал хвараб бакӏалде?\n— Вахинарищха. Лъелго, накалде бахунеб гӏаздалъ, нартил канистралги раччун, рахана гьенире тӏаде. Лъарал, иццал ругеб бакӏаздаса рикӏкӏадегӏан росун, кӏудияб гвендги бухъун жанире ран рухӏана хварал бисал.\nГӏезегӏан гӏакъуба бихьана гӏолохъабазда гьеб иш гьабулаго. 500-гӏанасеб литр цӏатариялъул баччана гьенибе. Районазда вугев 70-гӏанасев нижер хӏалтӏухъан гӏахьаллъана гьеб ишалда.\n— Расул, ралъдалъ тюленал холеб мехалда, ччугӏбузе зарал ккечӏолъи гӏажаиблъи гьечӏищ?\n— Гьелъха тӏамулел ругел ургъизе, тюленал гочунеб цо мухъда, ралъдал тӏину кьватӏун, газ къватӏибе рехиялъ хун ратилин. Аслияблъун гьеб гӏиллаги бихьизабулеб буго. Тюленал цереги рачӏунаан Каспиялъ къватӏире рехун, исана цӏакъго цӏикӏкӏарал рукӏинчӏищха.\nКаспий ралъад цоги чӏахӏиял ралъадазулгун жубай гьечӏолъиялъги батила, хъублъун буго. Шагьараздаса гьенибе жанибе чвахулеб чорокаб лъамалъи бацӏцӏунел хасал бакӏал, рукӏине кколеб даражаялда гьечӏолъиги нилъеда лъала. Гьелъие цӏакъ цӏикӏкӏарал харжалги хӏажалъулел ратиларищха.\n— Магӏарухъ, росабалъе жанире гӏунтӏун гӏезе тун руго рохьал, гьенир шешкӏелел руго чакъалазул тӏелал. Къаси-къаси росабалъе жанирецин лъугьунел гьез инсанасе гьабулеб заралги камулеб гьечӏо. Мисаллъун буго Кидеро росдада гӏагарлъухъ ккараб талихӏкъосараб лъугьа-бахъин. Хӏакъикъаталдаги, Кидероса вас чӏвараб жанавар чакъалищ букӏараб яги бацӏищ?\n— Чакъал букӏана. Дирго квералъ гьеб гӏалхул хӏайван чӏвани, рекӏее парахалъи щолеб гӏадин, вахана Цӏунтӏаве. Кӏиго сордо-къоялъ хъаравуллъиги ккун, чӏана гъов вас чӏвараб бакӏалда.\nЩвана дихъе гьеб чӏвазе. Цогидаздаса кьер-мухъалъги батӏияб, жибгоги кӏудияб, тӏанчӏи хахулеб чакъал бугоан. Сурат бихьараб мехалъ, дов чӏварав васасул вацас тасдикъ гьабуна гьеб букӏанин. Доб лъугьа-бахъиналдаса хадуб нижеца кӏвар кьолеб буго чакъалал, бацӏал чӏваялде, гьезул къадар цӏакъго цӏикӏкӏунги гьечӏищха ахирал соназ. Цере гӏадин гӏемер гӏиги гьабиги гьечӏо магӏарда, росабалъги гьаби хьихьулел гьечӏо. Гьабзаздасаги хӏинкъулелъулха чакъалал. Хасго риидал гӏисинлъимал рукӏуна тӏабигӏаталда расандулел, чӏахӏиязул тӏалаб гьечӏого гӏалхуда гьел тезе бегьуларо.\n— Гӏи-цӏцӏани, бачал чӏваялъулги хӏужаби гӏемер рукӏуна росабалъ. Циялгицин росабазде гӏагарлъулел руго, рукъалда цере ахикье рачӏун гьез гӏечул гъутӏби рек-рекун, найил тӏулби талавур гьариялъулги рагӏана бицунеб. Бокьарав чиясе изну бугищ гьединаб зарал гьабулеб гӏалхул хӏайван чӏвазе?\n— Узухъда, бокьарав чияс чӏалгӏадего кинабгӏаги гӏалхул хӏайван чӏвазе бегьуларо. Бугеб заралалъул бицун чияс нижер идараялде гӏарза хъвазе ккола. Росабалъ яшав гьабулел гӏадамазда дица абулеб буго, хӏинкъи цӏикӏкӏунеб батани, нужее гьел чӏвазе изну бугин. Яги хехго хабар лъазабе нижер хӏалтӏухъабазда.\nАмма гӏемераз гуроха росдае гӏоло гьединаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб. Нижехъе гӏарз бачӏараб бакӏалда щибаб къойил чӏвалел руго чакъа- лалги бацӏалги, магӏарухълъи, гӏатӏиракь батӏа гьабичӏого. Гьезул зарал бугебщинаб бакӏ кидаго гуро нижеда лъалеб. Мисалалъе, Бабаюрт районалдаса бачӏана кумек гьабеян гӏи-боцӏухъабазул ахӏи. Цо къоялъ къого чакъал чӏвана гьениб нижер хӏалтӏухъабаз. Жеги гьеб хӏалтӏи унебги буго.\nРосабазул бутӏруз тӏалаб гьабуни лъикӏ букӏинаан жиде-жидер ракьалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Хасало рукӏуна, изну бугебги гьечӏебги багъарулебщиналде кьвагьдолел чанахъаби, жидер росдаего зарал гьабулел гӏалхул хӏайванал рикӏкӏад гьаризейин абуни гьезул гъира балеб гьечӏо.\n— Нужер изну гьечӏониги, чундул ва цогидал хӏайванал копое чӏвалелги дагьал ратиларо?\n— Иш лъугӏарал чагӏи руго гьел, рекӏелгъеялъе бокьараб заманалъ, изнуги гьечӏого чан чӏвалел чагӏи. Тӏатарал бакӏазда нижеца гьезде гӏакӏа къотӏула, тамихӏалде цӏала. Гьединал хъачагъал ругеб бакӏалдаса яхӏ-намус бугел гӏадамаз нижеда хабар лъазабула. Баркала гьезиеги.\nДун гьаб хъулухъалде вачӏаралдаса нахъе законалда рекъон чан гьабизе, ччугӏа ккве- зе изну босизе рачӏунезул къадар цӏикӏкӏана. Гьеб хӏужаялъги бихьизабула нижер хӏалтӏул низам кьваризабун букӏин.\n— Нилъер гӏурул мухъазда цӏакъго гӏемерлъун букӏана рищни-къул, хӏалтӏизабун гӏодобе бараб пластикалъул цӏарагӏалъул лъугьарал рощнол чӏинкӏиллъаби киннигин рукӏана ГЭСазул хӏорал. Гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи бугищ?\n— Нижер министерствоялда буго рищни-къулалъул масъалаялда данде къеркьеялъе гӏуцӏараб хасаб отдел. Министр Ибрагьим Ибрагьимовги вуго кутакалда тӏабигӏаталъухъ ракӏунтарав, гӏамал бацӏцӏадав чи, живго цеве лъугьун, сахлъиялда барахщичӏого гӏемераб хӏалтӏиги гьабула гьес. Гьесдаса мисал босун хӏалтӏизе хӏаракат бахъула нижецаги.\nЩивав чияс жинда сверухъ рацӏцӏалъи цӏунулеб бугони, кибго букӏунаро чороклъи.\nХӏалихьатал чагӏи кидаго рукӏана, биччанте гьаб дир пикру рагӏизе гьел, тӏабигӏаталъул бечелъи чӏвалел, рацӏцӏалъи цӏунуларел хъачагъазда. Жалго гӏадал рахъина гьезул лъималги."}
{"slug": "21614-mochiokh-khior-va-zhak-aseb-khiak-ik-at", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21614-mochiokh-khior-va-zhak-aseb-khiak-ik-at", "title": "Мочӏохъ хӏор ва жакъасеб хӏакъикъат", "date": "2023-01-27 13:13:05", "categories": ["tab"], "text": "1963 соналъ, 205 га ракьулги ччукӏун, лъаралда цебе гьебги чӏун, лъугьана Мочӏохъ хӏор. Гьелъул халалъи бащалъула 1600 метралда, гӏеблъи 600 метралда. Хӏор лъугьун нахъисеб соналъ гьенибе Гӏанди хӏорихъа биччан букӏана форель ччугӏа. Форель кутакалда рекъон ккана гьениб, ункъо-щуго соналдасан гьеб цӏакъго гӏемерлъана ва цо-цо форелалъул цӏайи 45 килограммалдегицин бахунаан. 1975 соналда ккун букӏана форель жиндир цӏайи 8 килограммгун 300 грамм бугебги.\nСонал анагӏан, гьоркьогьоркьоб гӏадамаз балъго ккуниги (гьеб колхозалъ хъаравулги тун цӏунун букӏана) ччугӏа кутакалда гӏемерлъулеб букӏана. Амма, араб гӏасруялъул 80абилел соназул байбихьуда, ччугӏа тӏубанго хвезе лъугьана. Гьелъие гӏилла заманалдасан лъана. Хӏоралда тӏадехун рахъалда букӏана колхозалъул ферма ва гьеб соналъ гӏиял рехъен чурараб креолиналъул лъамалъи хӏоринибе биччан буго. Гьелъул хӏасилалда форельги тӏубанго тӏагӏана. Гьелдаса хадуб 45 сон индал хӏориниб херги баккун, хӏор тӏубанго хьуцӏалде сверулеб букӏана. Доб мехалъ колхозалъул председательлъун вукӏарав муна\nгьал чураяв Мухӏамадов Исламица Тарумовка районалъул Юрковка росдал ччугӏил колхозалдасаги босун гьенибе биччана сазан, карп, толстолобик, хъахӏаб амур, карась. Биччан лъабабилеб соналдего ччугӏбуз лъелъ бижун букӏараб хер кванан, хӏор бацӏцӏад гьабуна.\nБиххана улка, колхоз, хӏорил тӏалаб гьабулев чиги вахъинчӏо. 1992 соналдаса хадуб байбихьана жигаралда хӏориниса ччугӏа кквезе. Гьабичӏо гӏадамаз гьелдаги гӏей, байбихьана ччугӏа кьвагьизе, амма бищунго аслияб тушман — «Электроудочка» хӏалтӏизабизе байбихьана Мочӏохъ хӏорихъ 2000 соналдаса хадуб хӏухьбахъи гьабизеян рачӏаразул цо-цояз. Гьабсагӏаталда хӏоралъул буго балагьидал ракӏ унтулеб хӏал. Ччугӏа дагьлъун букӏиналъул хӏасилалда\nхӏор хьуцӏалде сверизе рес буго. Абула мачӏхъадерил хӏор бугила цо-цо чиновниказул чванта понцӏозабулеб хазина. Ахираб 7-8 соналда жаниб гьенир батӏи-батӏиял хӏалтӏаби гьаризеян миллионал риччан ругилан. Кепкил багьаяб хӏалтӏи киданиги гьабичӏо ва гьабизе бугищалиги лъаларо. Бищунго пайдаяб хӏалтӏи букӏинаан гьанибе 15-20 азарго форелалъул гӏиссинаб ччугӏа биччани. Щвечӏо гьелъие спонсорги. 2010 соналъул маялда Мочӏохъ росдал тӏабигӏат ва рухӏчӏаголъаби лъазаризе, Москваялъул Северцевасул институталъул ва Махӏачхъалаялъул биоресурсалъул институталъул экспедициягун цадахъ вачӏарав Германиялъул гӏалимчи Питер Фрицшеца хӏорил хӏакъикъат бициндал, гьаричӏониги, жинцаго рагӏи кьун букӏана форель биччаялъе кумек хӏисабалда 100 000 гъурущ кьезе. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда хӏалуцараб ахӏвал-хӏал бугинги абун, Питер Фрицшее изну кьечӏо республикаялде вачӏине. Росдал магӏишаталъул министрлъун вукӏарав Амиров Сатмарицаги рагӏи кьун букӏана хӏоринибе ччугӏа биччаялъе квербакъи\nгьабилин абун. Амма гьебги гӏумруялде бахъинчӏо.\nГьанже щиб хӏалха бугеб?\nГьале ахирияб 3-4 соналъ Мочӏохъ хӏорихъе хӏухьбахъи гьабизе ва тӏабигӏаталъул берцинлъи бихьизе рачӏине лъугьана Россиялъул батӏи-батӏиял бакӏаздаса ва къватӏисел улкабаздаса туристал. Гьел рачӏиналъе аслияб гӏиллалъун лъугьана росуцояз гьел къабул гьаризе шартӏал гӏуцӏиги ва социалиял гьиназда хӏорилги гьениб гьабулеб хӏухьбахъиялъулги гӏемерал баянал лъейги. Араб соналъ росдал гӏадамазе администрациялъ кьуна хӏорил рагӏалда ракьал. Кинабниги 50-гӏанасев чияс гьенир разе байбихьана, цо-цояз ранги руго, туристазе хӏажатал шартӏал чӏезарулел бакӏал. Руго гьенир кваналел, кофе гьекъолел бакӏал. Бачана хӏорил рагӏалде ток, лъим, бан лъугӏулеб буго какал ралеб рукъ. Росана катамаранал, конькаби, квадроциклал. Гьединго рачӏаразул машинаби чӏезе нижерго ракьалда гьарун руго майданал, рищни-къул жанибе базе лъун\nруго къалал. Чӏезабун буго хасаб машина гьеб рищни-къул нахъе баччизеги. Гьеб киналъего росдал гӏадамаз харж гьабуна 40-45 миллион гъурущ. Щвечӏо хӏукуматалдаса цо гъурущ, щвезеги гьеб захӏмат буго. Гьелда хадуб гӏемер чиясул кӏал-бер букӏуна. Цохӏо дирго хӏакъалъулъ абуни, дица тури-\nстал къабул гьаризе байбихьана лъабго соналъ цебе. Гьезие шартӏал гӏуцӏиялъе харж гьабуна лъабго миллион гъурущ, босизе ккана кредит. Бакӏ-бакӏалда хъван букӏуна хӏукуматалъул кумекалдалъун Дагъистаналда кибалиго цех яги завод рагьанилан ва 25-30 чиясе хӏалтӏизе бакӏ щванин. Нижеца, мачӏхъадерил жамагӏаталъ, нижерго къуваталдалъун рагьун буго хӏорил рагӏалда 50 чиясе хӏалтӏизе бакӏ, хӏукуматалдаги хъвачӏого. Бокьилаан нижее квекӏенал гьаричӏого тезе.\nРахӏат хвезабулеб масъала\nГьанже Мочӏохъ хӏорихъе туристал рачӏине лъугьараб мехалъ, цо-цо бизнесменазги батӏи-батӏиял идарабазги чан къан буго нижер хӏоралде. Хасго рахӏат хвезабула гьеб хӏор жидер къайимлъиялда бугин абун Тӏабигӏат цӏуниялъул ва экологиялъул министерство чӏеялъ. Хӏор лъугьана 1963 соналда. Гьелдаса нахъе хӏорил сипат цӏуниялъе гьеб министерствоялъ щибго гьабичӏо. Кагътида гьабун батизеги бегьула. Хӏор лъугьаралдаса нахъе росдал школалъул лъималаз щибаб ихдалги хасалихъеги бакӏарана хӏоралда сверун букӏараб рищни-къул. 1984 соналда хӏорихъ форель хвараб мехалда,\nцониги чи гьениса, гьелъул ургъел гьабун ваккичӏо Мочӏохъе. Амма гъоркьиса декабралда рехсараб министерствоялдасайинги абун, кӏигояв вачӏана жидеца щивав туристасухъа 100 гъурущ бакӏаризе бугин лъазабизе. Щай? Сундуе гӏоло? Гьеб сурараб иш гьабиялъе гьел рес къотӏиялъдай тӏамурал?\nДагъистаналде вачӏарав гьоболасухъа гӏарац боси рекъечӏеб жо ккеларищ? 2000 соналда Росдал магӏишаталъул министерствоялъул сайталда лъун букӏараб программаялда хъван букӏана гӏадамаз хӏухьбахъи гьабулел хӏоразухъе ччугӏа биччазе бугилан. Дица хъвана гьенибе ва гьелдаса хадуб жакъа къоялде щвезегӏанги хъвалебги буго Дагъистаналъул Бетӏерасухъе, хӏукуматалде, хӏатта Путинихъегицин, Мочӏохъ хӏорихъе форель ччугӏил тӏанчӏи\nриччаялъе квербакъи гьабеян. Пайда щиб, хӏасил кколеб гьечӏо. Амма жеги хьул буго Дагъистаналъул хӏукуматалъ, ресги батун, Мочӏохъ хӏорихъе 15-20 азарго форелалъул тӏинчӏ биччаялъе квербакъи гьабилин абураб.\nДРялъул хӏукуматалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏамирханов Гӏабдулпатахӏ Мочӏохъ хӏорихъе вачӏиндал, дун гьевгун дандчӏвана. Бицана бугеб хӏакъикъат. Кутакалда кӏвар кьун дихъги гӏенеккун, гьес рагӏи кьун букӏана гьеб иш рагӏалде бахъинабизе. Амма гьелдаса хадуб мехго иналде, гьев батӏияб хӏалтӏуде ана. Мачӏхъадерил жамагӏаталъ кӏудияб жигар бахъулеб буго туристал берцинго къабул гьаризе. Гӏицӏго гьари буго бизнесменалилан абулел чванта бицатаздеги, нижер хӏоралде чан къан ругел чиновниказдеги — гьаруге нижее квекӏенал. Те нижер умумузул ракь нижецаго хӏалтӏизабизе, законалда кин батаниги нилъ бусурбабилъидал.\nАхиралдаги, Мочӏохъ росдал школалда 45 соналъ учительлъун хӏалтӏарав мунагьал чураяв Мажидов Хӏасанхӏосенил, гьаб хӏор лъугьиндал хъварал кочӏол мухъал рехсезе бокьун буго.\nДунго жанив гӏураб гӏумрудул гьулак\nГӏажаибго берцин бихьула Мочӏохъ.\nИццул лъим гьуинаб, гьава бацӏцӏадаб,\nСверухълъи бахилаб росу буго дир.\nТӏабигӏатги ургъун, Аллагьас кьураб,\nФорелал лъедолеб хӏор буго Мочӏохъ.\nСапаралъ рахъарал хӏанчӏазул тӏелаз,\nХӏалхьи гьабичӏого толаро гьаниб.\nНижер умумузул аби батана\nГьанир гӏехьелдерил кулал рукӏанин.\nАнкьго цӏаракиялъ гӏумру гьабулеб,\nРосдалго кӏудиял рукӏанин гьанир.\nЧадий ролъ гьуинаб, гьанги кьарияб\nБечелъи цӏикӏкӏараб ракь буго Мочӏохъ.\nДир рекӏел анищал жанир тӏегьараб,\nТӏогьол квацӏи гӏадаб росу буго дир.\nСурат — Мухтар Хӏажидадаевасул"}
{"slug": "21650-kiigo-nukhlulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21650-kiigo-nukhlulav", "title": "КӏИГО НУХЛУЛАВ", "date": "2023-01-31 10:10:25", "categories": ["magiarul-margabi"], "text": "Сапаралдаса тӏадвуссун, рокъове вачӏунев вукӏа-\nнила цо кӏудияв чи. Гьесда цадахъ кканила цӏалун\nвачӏунев цо гӏолохъанчиги. Хабар-кӏалалда рилъ-\nлъун рачӏунаго, гӏолохъанчияс кӏудияв чиясда абунила:\n– Кӏудияв чи, нилъго свакачӏого рукӏине, цоцазда ре-\nкӏун рилълъани, лъикӏ букӏинарищ? – ан.\n– Мун гӏадаллъунищ, гӏадамал цоцазда рекӏун рилъ-лъунеб гӏадатищ\nбугеб? – ан абунила кӏудияв чияс, васасул суалалда гӏажаиблъиги гьабун.\nВасас щибго жаваб кьечӏилда. Гьедин лъикӏалан бакӏалде\nрилълъараб мехалда, цӏакъ берцинго бижараб, лъилъизе мех\nщвараб ролъул хурзабазда аскӏоре кканила гьел.\nКӏудияв чияс абунила:\n– Огь, баркаман, лъикӏго бижун бугеб куц бихьулищ\nгьаб ролъ! – ан.\nВасас гьесда гьикъанила: Кӏудияв чи, гьаб тӏощел кварабдай буго, квинчӏебдай\nбугеб? – ан.\n– Мун гӏадаллъунищ вугев, жеги лъилъизего лъилъи —\nчӏеб тӏорщел кин квараб букӏунеб? – ан жаваб кьунила кӏу-\nдияв чияс.\nВас, щибго абичӏого, чӏанила. Гьедин таманалго рилъ-\nлъараб мехалда, гьел щванила цо росурагӏалде. Гьениб ха-\nбалалъ хварав чи вукъулеб жамагӏат бугоанила. Кӏудияв\nчияс абунила:\n– Валлагь, цо хвел букъулел чагӏи рихьулаха гьанир, –\nан.\nВасас кӏудияв чиясда гьикъанила:\n– Хварав чидай вукъулев вугев, хвечӏев чидай?\n– ан.\nХерав чиясул ццин бахъанила, ва гьес гӏолохъанчиясда\nабунила:\n– Мун гӏадаллъунищ вугев? Хвечӏел чагӏи рукъулеб гӏа-\nдатищ бугеб? – ан.\nКватӏичӏого кӏудияв чиги гӏолохъанчиги щванила\nкӏудияв чиясул росулъе. Кӏудияв чияс вас къаси жин-\nдихъе сордо базе гьоболлъухъ ахӏанила. Васасги хӏукму\nгьабунила къаси гьенив чӏезе. Жаниве лъугьунеб мехалъ,\nкӏудияв чиясул рокъой цо берцинай яс ятанила. Гӏолохъ-\nанчияс, гьелде ишанги гьабун, цин цо килищ, цинги\nкӏиго килищ цебе ккунила. Ясалъ васасда цебе цо килищ\nккунила. Инсуда гьезул ишанал рихьанила. Кин буго-\nниги, гьоболги вугелъул, гьев васасдехун рагӏи абичӏого\nтанила.\nКъаси гьенивги вукӏун, радал гьезулгун къо-мех лъикӏ —\nги гьабун, вас нухда вахъанила.\nГьев ун хадуб, инсуца ясалда абунила:\n– Валлагь, тӏубан гӏакълу камилав чиясда релълъунаро\nгьадав вас, – ан.\nЯсалъ цӏеханила, щай дуца гьедин абулебан. Инсуца\nгьелда бицанила васас нухда рачӏунаго жиндиего кьурал\nсуалал. Ясалъ инсуда абунила:\n– Эмен, гьев чи дуда вичӏчӏун гьечӏо, амма гьев гӏакъи-\nлав чи вукӏине ккола, – ян."}
{"slug": "21651-katil-tavbu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21651-katil-tavbu", "title": "КАТИЛ ТАВБУ", "date": "2023-01-31 10:21:39", "categories": ["magiarul-margabi"], "text": "Цо заманалда Кету чӏун буго, гьанжелъагӏан гьабу-\nралдаги рекӏекълъун, тавбуги гьабун, хӏежалде\nина абун, цебе басандулеб букӏаниги гӏонкӏ-\nкӏохъги балагьуларого. Гӏункӏкӏазул хан бихьизе бокьун\nбугилан кӏалъан буго Кето. Гӏункӏкӏаз гьеб иш ханасда\nбицун буго. Ханас хӏалбихьиялъе кӏиго гӏункӏкӏ цебе би-\nтӏун буго. Цебе чахьикьан хьваданиги Катица гьезие расги\nгьабун гьечӏо. Гьанже тӏаде жибго ханги ун буго. Катица\nабун буго:\n– Дун хӏежалде ине буго, эбел-эмен, васал, лъимал чӏва —\nрал ратила, тӏасалъугьинаризе гӏункӏкӏал данде ракӏаризе\nккун руго, – ян.\nГӏункӏкӏал ракӏарун руго. Картӏинисаги баккун, цо\nГӏонкӏкӏоца абун буго:\n– Михъал добго катил руго, божуларо дун, – ан. Гьебги\nабун, Гӏункӏкӏ нахъе тӏерхьун ун буго.\nКатица, тӏадги речӏчӏун, хутӏарал гӏункӏкӏалги гъурун\nруго."}
{"slug": "21653-1-kitsabi-va-abiyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21653-1-kitsabi-va-abiyal", "title": "#1. Кицаби ва абиял", "date": "2023-01-31 12:24:35", "categories": ["umumuzul-kitsabi-va-abiyal"], "text": "Абизегӏан рагӏи – дур лагъ, абун хадуб – мун гьелъул лагъ.\n***\nБагъарараб хӏатӏида хӏарщ рекӏунеб\n***\nАх сайигъат гьабурав инсуе васас цӏолбол кӏолкӏона кьечӏебила.\n***\nБилълъун унаго лълъар кквечӏони, лъутун унаго рачӏ кквезе щоларо.\n***\nГӏабдаласулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун махсароги гьабуге.\n***\nДун хвелилан давлаялда хадув чи унарев, дун тӏадго кквелилан цӏогьор къватӏиве вахъунарев.\n***\nКӏиябго бералда чияр лъимал рихьараб мехалъ, цояб бералданиги нилъерго лъималги рихьизе ккола.\n***\nЛъади чиярай лъикӏайлъун йихьулейила, чу нилъерабго цӏакъаблъун бихьулебила.\n***\nРосдал хабар гӏабдаласда гьикъе, рукъалъул хабар лъималазда гьикъе.\n***\nХӏамие жиндирго гьагӏи берцинаб, хӏелкие жиндирго гӏегӏеди берцинаб.\n***\nХӏарщуда хӏетӏе хъвазе теларилан лъугьарав магӏарулас хӏарщулъ дегӏен чӏезе ккарабила."}
{"slug": "21655-rukhiiyalde-tsiaji-tsiikikiuneb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21655-rukhiiyalde-tsiaji-tsiikikiuneb-bugo", "title": "Рухӏиялде цӏайи цӏикӏкӏунеб буго", "date": "2023-01-31 14:39:29", "categories": ["lit"], "text": "Ракӏалдаго гьечӏого ккана дун Гъуниб районалда «Аманат» медиахолдингалъ тӏобитӏараб нашидазул сордоялде. Гъунисаги цогидал росабалъаги нашидазухъ гӏенеккизе рачӏарал гьалбадерица занкӏан цӏун букӏана культураялъул кӏалгӏаялъул зал. Гьеб тадбиралда ятана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Абакароваги.\n— Патӏимат, бокьилаан гӏагараб заманалда жаниб нужер идараялъ гьабураб ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул бицани.\n— Культураялъул хӏалтӏухъабазда церечӏарал масъалаби цӏакъго гӏемер руго. Гьел ккола лъималазе, гӏолилазе ва чӏахӏиязе гьарулел тадбирал, дандчӏваял. Масала, ноябрь\nмоцӏалъул ахиралда нижеца тӏобитӏана, школлъималги, гӏолилалги, бахӏарчиял улбулги гӏахьал гьарун, Эбелалъул къоялда хурхараб тадбир. 32 гӏолохъанчи ана дагьалъ цеве\nмобилизациялъ. Гьелдаса цебеги 79 контрактникасги гӏахьаллъи гьабулеб букӏана хасаб рагъулаб операциялда. Хас гьабун гьезул улбузе сайгъат гьабун букӏанин абизе бегьула гьеб тадбир. Гьединго тӏобитӏана дунялалдаго машгьурав художник Мусаясул Халилбег гьавуралдаса 125 тӏубаялъул хӏурматалда мажлис.\nДагьалъ цере нижехъе рачӏун рукӏана Лак театралъул артистал. Р. Хӏамзатовасул асаразул кьучӏалда лъураб гьезул церерахъин гъунисез цӏакъ къабулги гьабуна. Зама-заманалдасан Авар театралъул коллективги бачӏуна гьоболлъухъе.\n— Нужеца тӏоритӏулел тадбиразулъ гӏолохъанаб гӏелалъ гӏахьаллъи гьабулищ?\n— Киса-кибго гӏадин, нижер гьанибги цебе гӏадаб жигараб гӏахьаллъи гӏолилазул гьечӏо. Амма гъираги бугел, кумекги гьабулел камуларо. Абизе бегьула, район бугин Дагъистаналда туризмалъул тахшагьар гӏадаб бакӏин. Гӏицӏго нижер гӏуцӏиялъ гьабураб хӏисаб-суалалда рекъон, исана районалде вачӏун вуго гӏага-шагарго 16255 турист. Гьезие нижеца тӏоритӏула экскурсиял, халкъиял махщалилазул мастерклассал рихьизарула.\n— Гъуниб районалда тӏатана гӏемерал гьунарал: Гӏанхил Марин, Элдарилав, Халилбег, Муи, Мазалова, Гӏалихъараев, Къурачев ва цогидалги. Гьезул нухдасан ине бокьарал, творческияб нух тӏаса бищулел гӏолилалго гьечӏищ?\n— Масала, дагьаб цебегӏан Башир Чимиловасе кьуна «ДРялъул мустахӏикъав артист» абураб цӏар. Гьебго цӏар щвана Мохӏоб росулъа машгьурай кочӏохъан Эльмира Аминовалъеги. Кечӏ-бакъаналъе гьунар бугел гӏолилал гӏезегӏан руго. Амма гӏемерисел улбуз гьезие гьеб махщел тӏаса бищизе изну кьолеб гьечӏо. Гьезулгунги нижеца кӏалъа-басаял гьарула. Районалда жакъа гьечӏо искусствоялъул школа. Цебе букӏараб къана. Районалъул нухмалъулев М. Къадировас рагӏи кьун буго гьединаб школа рагьизе. Гьеб гьечӏолъиялъ, букӏине кколеб куцалда гьунар бугел гӏолилалгун хӏалтӏизе рес кколеб гьечӏо. Тӏоцебесеб июналда, районалдасаго лъималги ракӏарун, нижеца тӏобитӏула «Гьунарал\nтӏатинари» абураб тадбир. Ахирисеб гьеб тадбиралда нижеда халлъана анкьгьунаралин абизе бегьулел школлъимал. Гьезие сайгъаталги кьуна.\n— Гьаб нашидазул сордоялда гӏахьаллъизе гӏемерав чи вачӏун вуго. Масала, спектаклял, концертал кин къабул гьарулел жакъа халкъалъ?\n— Дица абиларо, нижер халкъалъе концерт-театр бокьуларин. Амма къаси гӏадин зал цӏураб тадбир гьаниб букӏинчӏо ахираб заманалда. Бихьулеб буго рухӏияб, динияб тайпаялъул тадбирал цӏикӏкӏун рокьулел рукӏин гӏадамазе. Хасго чӏахӏияб гӏелалъе.\n— Киназдаго лъала, гъунисезулгун Расул Хӏамзатовасул щулияб гьудуллъи букӏараблъи. Гьев гьавуралдаса 100 сонилаб юбилеялде кинал тадбирал тӏоритӏизе ругел?\n— Расулица жиндирго кочӏолъ гӏемер реццана Гъунибги гъуниселги. «Хъахӏал къункърабазе» тӏоцебесеб памятник нилъер республикаялда тӏоцебе Гъуниб бана 1986 соналъ. Москваялдаса вачӏарав Я. Франкелица хъвалеб роялалда гъоркь «Къункърабазул» кечӏ ахӏулеб лахӏзат жакъа гӏадин ракӏалда буго дида. 2022 соналъ 37-абилеб нухалъ тӏобитӏана нижеца «Хъахӏал къункърабазул» байрам.\nГӏемерал батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏизе ракӏалда буго. Масала, литературиял вечерал, бахӏсал, кучӏдул ахӏиялъул ва пасихӏго цӏалиялъул, гьесул творчествоялда хурхун баянал ракӏариялъул къецал.\nГьабсагӏаталда «Хъахӏал къункърабазе» бараб памятник бугеб бакӏалда унеб буго капиталияб ремонт."}
{"slug": "21668-islam-bosize-rakialde-kkana-giitsigo-dag-istan-bikhidal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21668-islam-bosize-rakialde-kkana-giitsigo-dag-istan-bikhidal", "title": "«Ислам босизе ракӏалде ккана гӏицӏго Дагъистан бихьидал»", "date": "2023-02-01 14:42:38", "categories": ["gara"], "text": "Ахираб кӏиго соналда жаниб Хунзахъ гӏумру гьабун вугев Тюменалдаса Жабрагӏилие (Евгений Плесовских) дора хутӏарал гьудулзабаз кьолеб рагӏула Дагъистаналда хурхун щуго суал — республикаялде рачӏине ккани, кинаб валюта къваригӏунеб, загранпаспорт хӏажалъулебищ, цо-цоккун рачӏиналъул хӏинкъи букӏунищ, бугебищ Дагъистаналда интернет, гьединго лагъзал гӏадин хӏалтӏизаризе кирпич къотӏулеб заводалде рикъун ине рес бугищ?\nКӏиго соналъ цеве турист хӏисабалда Дагъистаналде щварав Евгений Плесовских гӏумру гьабун гьабсагӏаталда Хунзахъ вуго. Исламги босун, Жабрагӏил абун цӏарги хисун буго гьес. Цӏияб соналда цересел къоязда гьес гьоболлъи бана «Хӏакъикъаталъул» редакциялда. Чанго сагӏаталъ халатбахъараб нижер гара-чӏвариялдаса цо-цо бакӏал кьолел руго гъоркьехун.\n— Жабрагӏил, кин букӏаниги, дуца кӏудияб таваккал тӏамун бугоха дурго миллаталъул, халкъалъул диналдаса инкарги гьабун, ислам къабул гьабизе.\n— Нижер эбел-эмен православная абулеб насранияб диналъул чагӏи ругониги, дун цо гьеб диналдехун гьетӏи бугев чи киданиги вукӏинчӏо. Амма дида кидаго лъалаан ракӏ-ракӏалъ абулеб дир гьари тӏубалеб цо Тӏадегӏанаб Къуват бугеблъи. Исламалъул хӏакъалъулъги дида гьедигӏан гӏемер жо лъалароан, гӏицӏго дунялалда бусурбаби рукӏинги гьел нахърилълъунеб Тӏехь — Къуръан букӏинги гурони. Кинабго байбихьана дун тӏоцеве Дагъистаналде – Хунзахъе — щведал. Гьеб букӏана 2020 соналъул июль. Пандемиялда бан къватӏисел улкабазде гӏорхъаби къан рукӏана доб мехалда. Дие кидаго тира-сверизе, батӏи-батӏиял миллатазул, халкъазул рукӏа-рахъин бихьизе, тӏабигӏат, ракь лъазе бокьула. Гьедин мугъзада нахъа рюкзакги бан, гостиницабазухъ гӏарац кьечӏого букӏинелъун, аэропортаздаги кьижун, Европа сверана дица.\nПалхӏасил, арендаялъе машинаги босун, кӏиго гьалмагъгун цадахъ Дагъистаналде щвана дун. Аэропорталдасанго бичӏчӏулеб букӏана гьаб тӏубан батӏияб бакӏ букӏин – щиб къваригӏаниги кумекалъе ратулел гӏадамалги…\nДагъистаналда бищунго аслияб жо буго гӏадамазул лъикӏлъиги тӏабигӏаталъул берцинлъиги. Жидеего данде кколареб жо бугони, гьез ракӏ рагьун абула гьеб жидее къабуллъу-\nларилан. Дагъистаналде щун тӏоцебесеб къо букӏана. Къаси сордо базе бакӏ цӏехон, къад микьир бичун босарал чагӏазул кавуда кӏетӏана ниж. Кирениги инчӏого, жидехъ чӏаян лъугьана гьел.\nЛъималазул лъималги цояб рокъорехун ритӏун, рукъги бихьизабуна нижеда. Кӏудияб ригьалде рахарал чагӏи ругоан гьел – рос-лъади. Цинги рохел бицун, Москваялда йигей жиндирго ясалъухъе кӏалъазе байбихьана гьей, бихьуларищин, ахир-къадги жидехъеги рачӏанин туристалилан. Дир къисматалъе бищунго асар гьабураб дандчӏвай ккана Хунзахъ – гьенив дида ватана дица ислам босиялъе сабаблъун ккарав Мухӏамад. Гьесухъе ниж ракӏалдаго гьечӏого ккана – гьалбал къабул гьарулеб рукъ балагьулаго. Тӏубараб сордо ни-\nжер Дагъистаналъул гӏадатазул, диналъул бицунаго ана. Хадув дун Тюменалде тӏадвуссана. Амма Мухӏамадилгун нижер бухьен тӏечӏо. Гьесулгун гара-чӏвариялдаса хадуб щибаб нухалда хӏайранлъизе бачӏунаан Дагъистаналдасаги гьелъул гӏадамаздасаги. Мухӏамадида лъикӏ лъала динги, тарихги, гӏадаталги. Тӏадежоялъе, дида гьев дирго вацлъунги вихьула (цо эбелалъ гьарурал гьечӏониги). Гъосул гӏагарлъиялъги цӏехола дун.\nДагьалъ чӏун — сентябралда — дун цӏидасан щвана гьаниве, туристалги рачун. Дие бокьана гьеб дида тӏоцебе бихьараб куцалда цогидаздаги бихьизабизе — берцинаблъун, гьобол-гьудул хирияблъун. Декабралда дун, Тюменалдаса кинабго къайиги бакӏарун, тӏуванго гочана Дагъистаналде. Лъицаниги тӏамун гуреб, дирго рекӏее бокьун вачӏана гьаниве, босана ислам динги. Хадуб пикру хисичӏого букӏине, киналго рахъал цӏадирабазда лъейин, дин босизе гӏедегӏугеян абулаан дида Мухӏамадицаги. Цевехун Турциялде щведал, гьенивги ун вукӏана дун мажгит бихьизеги ахӏулеб какихъ гӏенеккизеги. Амма ислам босизе ракӏалде ккана гӏицӏго Дагъистан бихьидал.\n— Тюменалда хутӏарал дур гӏага-божараз, гьудулзабаз щиб абулеб гьелда?\n— Байбихьуда гьел гӏажаиблъун рукӏана, кӏудияб шагьаралдаса Дагъистаналде, хасго магӏарухъ бугеб росулъе, гочине кин бокьараб абун рукӏунаан. Амма щибаб нухалда самолет\nМахӏачхъалаялъул аэропорталда рещтӏиндал, гӏажаибаб парахалъи лъугьуна рекӏелъе, гьале гьаб бугин дир бакӏилан ккола. Гӏезегӏан хӏужаби руго дие асар гьабурал. Масала, туристал хӏисабалда тӏоцере Хунзахъе щведал, нижеца цо кӏудияв чиясда гьикъана гьаб бакӏалда хъарпуз къотӏизе бегьилебищилан. Бегьулин, амма нужедаго хадуб бакӏаризеги бакӏарехаян абуна гьес. Гьебмехалда нижеца гьесда баркалаян абуна. Жиндиени щибин, нужее бугин баркалаян жаваб кьуна гьес. Нижее сундухъин гьикъидал, гьанире щвезегӏан рачӏаралъухъилан. Гьедин кӏиго соналъ цеве Хунзахъе, Мухӏамадихъе, гочана дун. Исламги босун, гьанив чӏараб кӏиябго сон бищунго талихӏаб заманлъун рикӏкӏуна дица. Гьаб жониги щайдай дица гьабураб абун ракӏбухӏиги ккечӏо. Церехун ричӏчӏулел рукӏинчӏелщинал суалазе жаваб щвана дие ислам босун хадуб нагагь гъалатӏал кканиян,\nмажгиталдеги инчӏого какал дица тӏоцере рокъор ралаан. Гьанже Мухӏамадги дунги щибаб къо-ялъ какде, мажгиталде уна. Гьаб кӏиябго соналда жаниб гьоркьоб хутӏараб цониги какги гьечӏо дир. Аллагьас гьел киналго къабул гьарун ратиялде хьулги буго. Гьединго устарасухъеги ун, босараб вирдги буго дир.\n— Гӏумруялъул нухда нилъеда данде ккарал гӏадамазда барабги букӏунелъулха гӏемерисеб жо. Гьедин дуе сабабалъе Мухӏамад тӏамун вугоха Аллагьас.\n— У, Аллагьас ниж хас гьабун гьесул нуцӏида кӏетӏезе тӏамун рихьуларищха. Гьедин букӏинчӏебани, рикӏкӏен гӏемерал дир суалазе жавабалги кьун, дида тӏад жиндирго заманги чӏвалаанищха гьес. Мухӏамад (Шапиюлал вас) Хунзахъ районалъул администрациялда хӏалтӏулев вукӏана. Байбихьуда досул рокъов дун вихьидал, киназго гьикъулеб букӏун буго гьесда гьав щив, гьев кида нахъвуссун уневилан. Иргадулаб нухалда Дагъистаналде ине хӏадурулелъул, мун гьанже исламги босун тӏадвуссинчӏонихаян абуна дида\nцо нухалда эбелалъ. Гьаниб бугеб ахӏвал-хӏалги гӏадамазул цоцаздехун бугеб бербалагьиги щибха долда лъалеб, гьединлъидал цодагьабго рахӏатхвей загьирлъулеб букӏана гьелъул харбилъ. Гьедин ислам босун Тюменалде щун хадуб, бицана дица гьелда ккараб жо. Эбел гӏодана. Жинца мун килисаялде вачунев вукӏаравани, Библия цӏализе тӏамулев вукӏаравани, босилароанин дуца исламилан, жиндего гӏайибал гьаризе лъугьана гьей. Цо заманалдасан гьей йиго абулей, Тюменалде вачӏараб мехалда, бусурбанчилъун вукӏунгейила мун (велъулаго).\nГьебмехалда дида бичӏчӏана эбел Дагъистаналде ахӏизе кколейлъи. Гьедин, араб риидал гьание ячӏун йикӏана гьей, дир гьитӏинав вацги вачун (лъималазул лъималги рукӏана\nцадахъ). Гьанже гӏодое йиччан йикӏине бегьулин жийин абуна гьелъ. Эбелалда рихьана гьанир ругел гӏадамалги гьезул рукӏа-рахъинги. Байбихьуда гьанибги гӏемерисезда лъалароан дица ислам босараблъи. Лъан хадуб, къвалал ран, баркулеб букӏана гьез. Цо-цоязул бадиб магӏуцин хулулеб букӏана. Жалго Дагъистаналде рачӏунел туристазе хӏатталдаса ун хинаб асар гьабула гьаниб цоцаздехун гӏадамазул бугеб бербалагьиялъ, гьитӏиназ кӏудиязул гьабулеб хӏурматалъ. Масала, гьелъ хӏайран гьавун вугоан дагьалъ цеве Хунзахъе рачӏарал туристазда гьоркьов вукӏарав Подмосковьеялдаса чи – кашиш. Масала, наслабаз наслабазухъе кьун лъалеб бугила гьезда диналъул тарихги магӏнаги, улкаялъул цогидал регионазда абуни жидерго дин цӏакъ мукъсанго лъалеб бугила. Гьединго вотсапазда рукӏунел росабазул чатазда лъазабиял рихьула лъидаялиго кибали батун бугила кигӏанасебалиго гӏарац. Гьелъул бетӏергьан жидехъе вачӏайилан. Дагъистан тун къватӏир ругел гӏадамазе гьелъ асар гьабичӏого толаро.\n— Магӏарул мацӏ лъазабулеб бугищ?\n— Цо-цо рагӏаби лъала, къ, кь, хӏ гӏадал гьаркьалги кӏола рахъизе. Къуркъбузул хӏакъалъулъ бицинеги лъала (гьеб мехалда бахъун чвантиниса телефонгун, 8848 къверкь къвакъвадана кьода гъоркь абун цӏалана гьелдасан Жабрагӏилица — авт.). Амма дие къваригӏун руго расги лъаларел дун гӏадал чагӏазда кьучӏдасанго мацӏ малъулел мугӏалимзаби.\n— Дур бетӏербахъи сундасан бугеб?\n— Туризмалдасан. Гьале дагьалъ цевегӏанги 2,5 моцӏги Латиназул Америкаялда (Аргентина, Бразилия, Чили, Колумбия) бан вачӏана дун. Гьениса тӏадвуссун вачӏунаго, гӏумраялде,\nСагӏудиязул Гӏарабиялдеги ана.\n— Аллагьас къабул гьабун батаги! Кин гьеб ккараб?\n— Амин! Ракӏалдаго гьечӏого ккана. Колумбиялда вукӏана дун. Гьениса рокъове (Дагъистаналде – авт.) вачӏине бищунго къокъаб нух кисандай бугеб абун ургъулаго, тӏаса бищана Турция. Гьенисан щвана Сагӏудиялдеги. Дора дир гьудулзаби руго – гӏарабал. Гьез малъана хӏеж борхизеги.\n— Кинаб асарха дуе гьелъ гьабураб?\n— Байбихьуда цо цӏоро-гъорораб хӏал букӏана. Гӏицӏго Кагӏба сверун тӏавап гьабулелъул ункъабилеб свериялда бичӏчӏана дицаго гьабулеб жо. Гьеб мехалда дирго гӏага-божаразе, лъале-хъвалезе дугӏа гьабуна. Гӏадада гурин Аллагьас хас гьабун гьаб заманалда гьаб хирияб ракьалде дун ахӏаравиланги ккана."}
{"slug": "21669-giagarab-rosul-e-kisayaligo-kinalgo-nukhatsa-khekhgo-tsialej-kuts", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21669-giagarab-rosul-e-kisayaligo-kinalgo-nukhatsa-khekhgo-tsialej-kuts", "title": "Гӏагараб росулъе, кисаялиго киналго нухаца хехго цӏалей куц", "date": "2023-02-01 15:14:13", "categories": ["magiarukh"], "text": "Гӏагараб росу. Лъидаха гьеб кӏоченеб. Гьелъул хӏикматаб тӏабигӏатги, лъикӏал гӏадамалги, гӏумруялъул лъикӏалги квешалги нухалги, эбел-инсул хинлъиги, кӏодо-кӏудил малъа-хъвайги, бухӏараб риидал иццдаса гьекъолеб бацӏцӏадаб иццул лъимги. Гьеб киналъго асар гьабуларел чагӏи рукӏунелго ратиларо. Лъида кӏочон толеб нилъер умумузул гъасда бицунеб рахьдал мацӏги. Щибаб росдал батула жинди-жиндир хаслъи. Жиндирго хасаб хаслъи буго дир гӏагараб Гӏоротӏа росдалги. Гьеб ккола Хунзахъ районалъул чӏахӏиял росабазул цояб. Гӏоротӏа шагьариланцин абула гьелде мугӏрул къаданир ругел гьарадерихъез, гӏочӏлосез ва тӏадколосез. Гьеб росдал буго цӏакъго некӏсияб тарихги. Гьениб жакъа къоялъги ясбер гӏадин цӏунун руго умумузул гӏадатал, гьез гьарулел рукӏарал ишалгун хӏалтӏаби.\nЦо-цо росабалъа гӏолилал, шагьаразул гӏумруги берцин бихьун, гьенире гочун унел руго. Амма гӏарадерил гӏолилаз байбихьана жидерго росу берцин гьабизе, ай гьез росу рехун течӏо. Абула Инхоса Гӏалихӏажиясул дибирлъи гьеб росулъан байбихьаниланги.\nМахӏмудил заманалъул кочӏохъабиги данделъулел рукӏун руго Идрис абурав чиясул бакӏалда. Бицен буго цо нухалъ Махӏмудги вачӏун вукӏанила кучӏдузул сордоялда гӏахьаллъизеян. Росу машгьураб букӏана ахихъанлъиялъул рахъалъ. Ахихъабаз пихъ бетӏизе цӏакъ рорхатал малал гьарулел рукӏун руго. Лъидаха рагӏичӏеб гӏарадерил бацӏцӏадаб гӏурччинаб цӏиниги бухӏун бежулеб беччунчедалъул хӏакъалъулъ.\nРосу машгьураб букӏана къадахъабаздалъунги. Гьабсагӏатги росулъ ругезул къед гьабизе лъаларев чи цониги гьечӏо.\nРосу берцин гьабиялъе гӏолилазе кумек гьабула бегавул Шайдулаев Сайгидахӏмадица. Рухӏияб тарбиялъул рахъалдасанги росу машгьураб буго сверухълъиялдаго. Къварилъи-гӏатӏилъи ккараб бакӏалда бищун цере щун ратула гӏоротӏисел. Дагьаб цебегӏан росулъ цӏа ккун букӏана. Кӏиго мина бухӏун лъугӏилаан росдал гӏолохъабаз къокъабго заманалда жаниб цӏа свинабун букӏинчӏебани.\nГьеб росулъа ккола Дагъистаналъул Бахӏарчи Расулов Абакар. Гьесулго гьунар такрар гьабуна щуабилеб классалъул цӏалдохъан\nБатӏалица. Гьес хвасар гьавуна хӏоринив гъанкъулев вукӏарав гьитӏинав вас.\nСурат босана Мухтар Хӏажидадаевасул ТГ-каналалдаса"}
{"slug": "21677-varani-gukkarab-kuts", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21677-varani-gukkarab-kuts", "title": "ВАРАНИ ГУККАРАБ КУЦ", "date": "2023-02-02 08:59:53", "categories": ["magiarul-margabi"], "text": "Рукӏанила, рукӏинчӏила, цо нохъода гьалмагълъи-\nялда чӏун, бетӏербахъиялъе цо Гъалбацӏги, Циги,\nЦерги, Цакьуги, Гӏангурги, Гъедуги. Рукӏанила\nгьел, щибаб къоялъ чанареги ун, кепалда бетӏербахъулел.\nЦо къоялда гьезул нохъодул рагьтӏасан гӏебеде анила\nваранабазул къокъа.\nГьездаса цояб, хӏетӏе унтун, билъ-\nлъине кӏвечӏого, авлахъалда хутӏун букӏанила. Царада\nбихьанила гъоб; гьеб бортун анила Гъалбацӏида бицине,\nгьадин цо варани хутӏун бугин, билълъине кӏвечӏого абун.\nГьанже Гъалбацӏица гъолъухъе битӏун буго Цер: «Мун\nгъолъухъе а, щибниги хиянатги гьабиларин, нилъер гьал-\nмагълъиялда чӏезе бачӏаян абе», – ян.\nЦараца абунила Варанида:\n– Нижер бетӏергьанас ахӏулеб буго мун, щибниги хия-\nнатги гьабиларин, цадахъ бетӏербахъиялъе чӏезе бачӏаян.\nРескъотӏараб бакӏалде ккун бугелъул, ун буго гьеб\nнохъоде Гъалбацӏихъе.\nГъалбацӏица Варанида гӏемераб хабарги бицун буго:\n– Мун хер кунеб жо буго, ниж гьан кунел жал руго,\nкӏиязулго данде ккеларилан ккун батила дуда. Щибниги\nхияналъи гьабизе гьечӏо, воре, мун щибго хӏинкъуге, – ян.\nГьедин цадахъ рукӏун руго гьал таманаб мехалъ. Цо\nкъоялъ Гъалбацӏ, чанабе араб мехалъ, Пилгун багъизе\nккун, цӏакъ квеш лъукъ-лъукъун бачӏун буго. Чан гьабизе\nкӏоларого, босада бегун букӏанила.\nГьелъие квине гӏураб чан гьабизе гьездаги кӏоларого, хвезе дагьалъ хутӏун буго\nГъалбацӏ.\nГьанже Цараца абунила Гъалбацӏида:\n– Нилъее гӏураб гьанги батила, гъоб Варанигӏаги чӏван\nлъикӏ, – ян.\nГъалбацӏ кинго разилъун гьечӏо:\n– Дица рагӏи кьуна, хиянат гьабизе гьечӏо, – ян.\nНахъеги ун буго Цер, нижеца дуде гӏайиб щвезе теларо\nабун, кье нижее изну доб чӏвазе. Кинго кьун гьечӏо гьелъ\nизну. Нахъеги, лъабабилеб нухалъги бачӏун буго Цер Гъал-\nбацӏихъе, нижеца гьадинаб тадбир ургъун бугила дуде\nщибго гӏайиб щолареб. Дица абилин долда, нилъ киналго\nракӏарараб бакӏалдеги ахӏун: нилъер бетӏергьан хвезехъин\nбугин, нилъер умумузул гӏадат букӏанин, бо биххизабизе-гӏан,\nнусгоги хвезе кьолеб, нусгояв хвезегӏан, анцӏго хвезе\nкьолеб, анцӏго холев вукӏани, цояв хвезе кьолев, нилъеда\nгьоркьоса цояв хвезе бегьилаян.\nГьелъие дир гӏураб хӏилла бугин, мун разилъеян гьарун\nбуго Цараца. Ахир Гъалбацӏица абун буго, гьеб жибго ра-\nзилъани, дунги рази бугин, гурони гьечӏилан.\nГьанже цо къоялъ, киналго гьалмагъзабиги ракӏарун,\nЦараца бицун буго жинцаго Гъалбацӏие бицараб умумузул\nкици. Гьебмехалъ Цакьуялъ абун буго нужеца дун кунин,\nдица дирго би хӏалал гьабилин нужейилан. Бацӏицаги абун\nбуго: «Мун кун, цонигияб гӏорцӏуларо, гьедигӏан гьитӏинаб\nдур гьан чамалъе щолеб?» Дун кунилан абун лъугьун буго\nБацӏ. Бацӏил гьан квани, ниж киналго хвеларищан, цони-\nгияб разилъичӏила. Дун кун, дун разияб бугоян бахъанила\nГӏангур. Белъине кӏолареб дур гьан лъица кунеб, гьеб белъ-\nунаго, цӏул тӏагӏинабилин, рохьобе нухги гӏазуца къан\nбугебин, тӏаде бортун, семизе лъугьун руго Бацӏги Циги.\nАскӏобе бачӏун, Вараница абун буго:\n– Щай нуж рагъулел, гӏезегӏан кӏудияб къаркъалаги\nбуго дир, гьуинаб гьанги буго дир, киназего гӏезеги гӏела,\nдица дир би хӏалал гьабула нужее, дун кун, – ан.\nБитӏараб бугин абун, Цараца киналго тӏаде разарун,\nгъоб Варани, цо лахӏзаталда жаниб тӏутӏу-хъухъун\nреханила."}
{"slug": "21718-zarul-baga", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21718-zarul-baga", "title": "ЗАРУЛ БАГЬА", "date": "2023-02-06 09:14:26", "categories": ["magiarul-margabi"], "text": "Малла Насрудинидаги цо пуланав чиясдаги\nгьоркьоб цо щибго гуреб жоялдасан дагӏба-рагӏи\nкканила. Ахиралдаги дагӏбадулас Малла Насру-\nдинида зар кьабунила. Гьебсагӏаталдаго гьоркьоре масли-\nгӏаталъе чагӏиги речӏчӏун, Малла Насрудинихъе кьабизеги\nщвечӏого, гьел ратӏа гьарунила.\nЖинда кьабураб зарги цӏакъ захӏмалъун, Малла Насру-\nдиница гъов дандияв диваналде кьунила.\nЦо пуланаб къоялъ диванбегас гьел кӏиялго ахӏанила\nва гьезда гьоркьоб ккараб жо цӏеханила.\nМалла Насрудиница абунила:\n– Гьас дир магӏарзукъалазулъ зар кьабуна. Гьединлъи-\nдал гьасдаса кколеб мухь дие бахъун кьеян гьарула дица\nдуда, – ян.\nГъов Малла Насрудинида зар кьабурав чи диванбегил\nгьудул вукӏанила, гьединлъидал диванбегие бокьанила\nгъов хвасар гьавизе. Гьес абунила цохӏо нухалда кьабураб\nзаруда тӏасалъугьун тезе бегьуларищан. Малла Насрудин\nразилъичӏила. Гьебмехалъ диванбегица абунила:\n– Гьедин батани, гьасдасан дуе цо гӏабаси гӏарац ккола,\n– ян.\nГъов чияс жиндихъ гӏарац гьечӏин, гьеб босизе, рокъове\nвиччаян абунила.\nДиванбегицаги гьев рокъове виччанила ва тӏокӏав гьа-\nнивеги вачӏунгеян абураб жо бичӏчӏизабунила.\nГӏарац босизе арав чи вачӏинегӏан Малла Насрудин ба-\nлагьанила цо сагӏаталъ, кӏиго сагӏаталъ. Ахиралдаги\nгьесда бичӏчӏанила дов чи гьениве тӏадвуссун тӏокӏав вачӏу-\nнаревлъи. Диванбегица жиндие гьабураб жоги бичӏчӏун,\nМалла Насрудиница гьесда гьикъанила:\n– Бетӏерчӏахъаяв диванбег, къануналда рекъон, магӏар —\nзукъалазулъ зар кьабурав чиясдаса цо гӏабасийищха кко-\nлеб? – ан.\n– У, – ян жаваб кьунила диванбегица.\nЛъикӏго сверизеги гьабун, диванбегил магӏарзукъала-\nзулъ зар щвезабунила Малла Насрудиница ва цинги гьесда\nабунила:\n– Дов, гӏабаси босизе рокъове арав чи вачӏинегӏан гьа-\nнив чӏезе дир заман гьечӏо. Дов вачӏараб мехалда, доб дие\nкколеб гӏабаси дуего босе, – ян."}
{"slug": "21772-bechel-i-kivarichio-makhshchel-bokila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21772-bechel-i-kivarichio-makhshchel-bokila", "title": "БЕЧЕЛЪИ КӏВАРИЧӏО, МАХЩЕЛ БОКЬИЛА", "date": "2023-02-09 07:52:44", "categories": ["magiarul-margabi"], "text": "укӏанила, вукӏинчӏила цо бечедав хан. Гьесул цо\nгогьав васги вукӏанила. Чӏужу ячине гӏолев вас ву-\nкӏаго, хан хванила. Цо заманалдасан эбел къачӏа-\nданила васасе чӏужу ячине. Васги кинго разилъулев\nвукӏинчӏила, ахиралдаги цо къоялъ тӏохде вахун вас ву-\nкӏаго, гьесда лъадае уней цо берцинай яс йихьанила. Хана-\nсул васасул гьелъухъ рокьи кканила. Васас эбелалда\nабунила жиндие гьай пуланай яс ячеян. Ханзабазул гурей\nяс ячине эбелалъе бокьун букӏинчӏила, кинниги вас тӏаса\nвичӏичӏого, гьей яс ячине хӏукму кканила. Цо къоялъ\nясалъул эбел-инсухъе гьарун чагӏи ритӏанила. Ясалъ абун\nбачӏанила гьадин: «Жиндие ханасул бечелъи къваригӏун\nгьечӏо, гьесул щиб махщел бугебали лъазе бокьила», – ян.\nВасасул щибниги махщел букӏинчӏила, амма ясалъ\nцӏакъ берцинал халичаби рессулаанила. Ханасул васги ра-\nзилъанила, гьей яс жиндие ячӏани, живги гьебго махще-\nлалде ругьунлъизе. Гьеб къотӏи-къаялда яс ханасул васасе\nячанила. Кватӏичӏого васги, ясго гӏадин, берцинал ха-\nличаби рессизе ругьунлъанила.\nЦо заманалдасан ханасул вас вахъанила къватӏиве ва\nщванила цо пуланаб шагьаралде. Вакъунги вукӏун, гьев\nгьеб шагьаралда цо ашбазалде кваназе анила. Гьеб ашба-\nзалде жаниве вачӏаравщинав лага-черх бугев кьарияв чи,\nгьенир хӏалтӏулел гӏадамаз вачун цо рокъовегун, чӏвалаа-\nнила ва, гьеб гьанал квенги гьабун, бичу-лаанила. Гьедин хана-\nсул васги гьевго гӏадинав цо-кӏиго кьарияв чиги ккун, цо бе-\nцӏаб рокъор жанир тӏамунила. Гьенир гьел цӏакъ лъикӏ\nхьихьулел рукӏанила: гьел чӏвазе кьара гьарулел рукӏанила.\nГье-дин моцӏгӏанасеб\nзаман банила. Ханасда аскӏоса хъвезе вачун цин цояв\nанила, цо дагьаб мехалдасан кӏиабилевги анила. Гьанже\nирга ханасул васасде щванила.\nЦо къоялда рачӏун жанирегун, ханасул васги вачун\nунев вукӏанила. Гьесда бичӏчӏанила жив чӏвазе вачунев ву-\nкӏин. Гьес гьезда цӏакъ гьаранила:\n– Дун чӏвани, дидаса нужее гӏемер кӏудияб пайда щве-\nларо, амма нужеца дун чӏвачӏого тани, дица нужее щибаб\nанкьие нус-нус кӏинус-нус туменалде ричун унел берцинал\nхаличаби рессила. Нужее гьелъул пайда цӏикӏкӏун бу-\nкӏина, – ян.\nГьел разилъанила ва ханасул вас, къваригӏунеб къайиги\nкьун, халичаби рессизе цо рокъове жаниве тӏамунила.\nЛъикӏалан заман банила ханасул васас гьедин халичаби\nрессулев. Гьел халичаби, батӏи-батӏиял шагьаразде ун,\nричулел рукӏанила гъол чагӏаз.\nЦо нухалда ханасул васас жинцаго бессараб халичаялда\nтӏад гьадин хъванила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдаса ха-\nнасул вас, пуланав чи. Дун жанив тӏамун вуго. Дун хвасар\nгьавурав чиясе гӏемераб боцӏи кьезе буго», – абун. Гьелда\nтӏад хъвараб жо цӏакъ халгьабуни гурони, цӏализе лъала-\nроанила.\nГьеб тӏад жо хъвараб халичаги цогидал халичабиги\nричизе росун анила цо пуланаб шагьаралде. Гьеб шагьар\nбукӏанила гъов ханасул васасул ватӏан. Гьеб бичун боса-\nнила гъов ашбазалда жанив тӏамун вугев ханасул васасул\nмадугьалас. Гьеб, тӏад жо хъвараб халича цогидаздаса\nцӏакъго берцинабги букӏанила.\nМадугьалас босараб гьеб халичаялъул хабар рагӏун,\nгъов ханасул васасул чӏужу анила гьеб бихьизе. Гьелъие\nгьеб халича цӏакъ бокьанила, гьелъухъ битӏахъе ракӏ\nбахъун анила. Гьелъ мадугьаласда гьаранила, жиндиеги\nгьединаб халича бессизе бокьун бугин, гьелъухъ балагьизе\nцо-кӏиго къоялъ жиндихъе кьеян. Мадугьаласги кьун\nанила.\nМадугьаласул халичаялъухъги балагьун, гьелда релъ-\nлъараб халича бессулей йикӏанила ханасул васасул чӏужу.\nЦо заманалдасан ханасул нусалда лъанила гьеб халича-\nялда тӏад хъвай-хъвагӏай гьабун букӏин. Гьелъ гьел хӏар-\nпал дандранила ва гьадин цӏаланила: «Дун вуго пуланаб\nшагьаралдаса ханасул вас. Дун гьаб пуланаб шагьаралда\nгьадинаб ашбазалда жанив тӏамун вуго. Дун хвасар гьаву-\nрав чиясе дица гӏемераб боцӏи кьела», – ян.\nГьебсагӏаталъ ясалъ хӏадурлъи гьабунила росасда\nхадуй ине. Кинабго аскар бакӏаранила, ва кире рачунел ру-\nгелали гьездаги бицинчӏого, гьел гъоб шагьаралде ралагьун\nкъватӏире рахъанила. Чанго къоялдасан ясгьение щванила.\nЦо азбаралъур чуял, гьакалги тун, гьел гъоб ашбазалде\nанила. Ясалъ киналго богогьанал, цере хӏал-тӏулел чагӏи, ашба-\nзалъул бетӏергьан жиндихъего ахӏанила ва цоясда гьикъанила\nгьадинав чи кив вугевилан. Гьес лъаларилан абунила.\nГьебсагӏат гьесул бетӏер къотӏанила, цогиясда цӏеханила,\nгьесги лъаларилан абунила. Гьесулги бетӏер къотӏун реха-\nнила. Лъабабизе цӏехарав ашбазалъул бетӏергьан вукӏа-\nнила. Чӏваялдаса хӏинкъун, гьев гьардезе лъугьанила:\n– Гьев нужеца абулев чи гьанив вуго, гьесие щибго\nлъугьараб жоги гьечӏо, дун чӏваге, – ян. Гьес ханасул вас\nвугеб бакӏ бихьизабунила.\nХанасул васги хвасар гьавун, ашбазалъул бетӏергьанги\nчӏван, гьелги рокъоре тӏадруссанила.\nГьеб мехалда бичӏчӏанила ханасул васасда бищунго кӏу-\nдияб бечелъи инсанасул жиндирго махщел букӏин."}
{"slug": "21839-iya-ramazan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21839-iya-ramazan", "title": "«Ия, Рамазан»", "date": "2023-02-14 12:38:17", "categories": ["gara"], "text": "Ия, Рамазанги лъаларев, гьес рицунел кепал харбалги рагӏичӏев чи къанагӏатги ватиларо. Амма гьев гӏемерисезда вихьун лъаларо, «Ия, Рамазан» абун бицадулъ гурони. Гӏемерисезда ккола гьесул цӏар гьеб бугилан. Гуро. Гьесда цӏар буго Мухӏамадгӏазиз. Бертаби, мажлисал камераялде рахъулев оператор. Иманги бугев, сабурав, гӏамалги берцинав, исламияб нухда вугев инсан ккола гьев. Руго Мухӏамадгӏазизил Телеграм-каналалда, Инстаграм, ВКонтакте сайтазда цоцахъе рехулел кепал харбал. Цо чангояз дихъе ватсапалдасан хъванги бачӏана «Ия, Рамазанил» цӏиял харбал гьечӏищилан. Дицаги гьесул Телеграм-каналалъул адрес битӏула гьезухъе. Гьал къоязда «Ия, Рамазан» гьоболлъухъ вукӏана «Хӏакъикъат» казияталда.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, бокьилаан дурго росу-ракьалъул, хӏалтӏи-ишалъул хӏакъалъулъ бицани.\n— Дун гьавуна ва гӏуна Казбек районалъул Дилим росулъ. Гьенибго школаги лъугӏизабуна. 1998 соналдаса нахъе вуго районалъул росабалъ ва район тун къватӏирги бертаби камераялде рахъулев операторлъун. Гьеб хӏалтӏи дие щвана инсудасан. Эменги вукӏана дир киназдаго лъалев оператор. Анлъго соналъ хӏалтӏана Салатавиялъул студиялда оператор хӏисабалдаги.\n— «Ия, Рамазан» абун тӏиритӏизарулел дур кепал харбаз асар гьабулеб буго гӏезегӏан чиясе. Хасго 1980-1990-абилел соназул лъугьа-бахъиназулги, гьеб мехалда гӏадамазул букӏараб гӏумрудулги бицине цӏакъго бажарулеб буго духъа. Кин гьелде вачӏарав?\n— «Ия, Рамазан» харбал ракки дицаго ургъарал жал гуро. Киназулго ватсапалда группаби рукӏунелъул, мунагьал чураяв Темирбулатов Хӏабибица группаги гӏуцӏун, гьенив жанив вукӏана нижерги 15 гьалмагъ. Гьениб бицен кколаан дол соназ гьадинал бертаби рукӏунаанин, гьадин гьабулаанин абун. Гьедин цояс абун, цогидас бицун, тӏатӏалаги лъун рицунел харбал руго гьел. Нижер гьеб къокъаялда вуго органазда хӏалтӏулев Султанбеков Рамазан абурав чи. Цогидал кьижун ругеб мехалда, гьев дежурствоялда вукӏуна ва гьесдехун гьабураб буго доб лъазабиги. Ия, Рамазаниланги абун ургъунго гуребха, гьадинго гьесдехун бицараб хабар буго цоцазухъе битӏун, тӏибитӏун ун. Цинги цо-цояз гьарана цогидазулги щай бицунаребин абун. Гьединал жал гӏадамазе рекӏее гӏолел рукӏин бичӏчӏана дида. Чангояс ахӏунцин бачӏана, дуца бицараб жо дир гӏумруялда ккараб бугинги абун. Гьеб кинабго буго дидаго бихьараб, 22 соналъ камерагун гӏадамазда гьоркьов вугелъул, бертабалъги цогидал мажлисаздаги чанги батӏибатӏиял жал рихьула ва рагӏула. Гьедин ккараб буго гьеб.\n— Дуца рицунел жалазул гӏемерисел ургъун рахъаралищ яги цогидаз бицунел рагӏаралищ?\n— Нилъер магӏарулазул жиде-жидер росабазул хасаб юмор букӏуна. Цинги гьезда аскӏов гӏодов чӏедал рагӏула батӏи-батӏиял лъугьа-бахъинал, ккаратараб ва дидаго бихьарабгиха. Чангияв вачӏуна аскӏове, кидаялиго жиндир ккараб щай бицунаребин абун. Дос бицараб хабар батула я магӏна гуреб, я пайда гуреб жо. Чанги чи кӏалъан вачӏуна, цоясда тункизабизе, гьадинаб жоялда хурхун цо «голосовой» щай биччаларебин абун. Гьединаб жо бегьилищха, дие рокьуларо гӏадамасул ракӏ хварал жал гьаризеги бицинеги. Чанги жо бицана пуланал чагӏазул цӏаралги рехсечӏого, амма гьезухъа изнуги босун.\n— Жакъа, ай гьаб заманалда ккарал лъугьа-бахъинал ругищ дур «голосовоязда» гьоркьор?\n— Араб гӏасруялъул 90-абилел соназул бициналъул магӏна буго, доб заман, гӏурусаз абухъе, «насыщенный» букӏин. Доб мехалъ рукӏарал бертабиги, лъугьа-бахъиналги, доб халкъги, цоцазулъ букӏараб щулияб гьоркьоблъиги жакъа гьечӏо. Кодор ккун телефоналгун ругезул щиб бицинеб? Гьезул бицинейин лъугьаниги, бицине жо батуларо, гьанжесеб гӏел буго «виртуалияб» гӏумруялда ругел чагӏи. Доб нилъер заман… доб букӏана ле, чӏагояб. Гӏемерал гӏажаибал лъугьа-бахъинал кколаан. Захӏматал соналги рукӏана. Нилъер халкъалъ гӏемераб къо хӏехьараб заманги букӏана доб.\n— Пуланаб хабар гьадин щай бицинчӏебилан абун критика гьабулел чагӏиго кколищ?\n— Критика букӏунаро. Щайин абуни, дица бицунаро лъида бугониги квеш бихьулеб, чи сансикъ гьавулеб хабар. Дица рицунел харбазул ахиралда, дунго дибир гурониги, насихӏат гӏадаб жоги гьабизе байбихьун букӏана. Щайгурелъул рекӏелгъеялъе рицунел харбазухъ гӏенеккаразеги гьитӏинабго бугониги пайда щвелародайин абун.\n— Духъ гӏенеккидал, ракӏалде ккола, дуца гьеб хабар маххул кроваталъул цояб рахъалда мун, цогидаб рахъалда Рамазанги регун, ботӏрода гъоркь квералги лъун, бохалда бохги базабун, хъахӏаб ракьалъ жужараб мокърукьеги валагьун бицунеб бугилан…\n— Гьелде тӏадеги, доб рокъоб печалъул тӏала букӏараб бакӏалда чӏван букӏунаан картон-кагъат, ункъбокӏонги къотӏун, магӏалги чӏван. Вегизе вахиндал, мокърукьеги валагьун, дол магӏалги рикӏкӏунаго кьижун ккун ватулаан.\n— Мухӏамадгӏазиз, дида ккола дур лъикӏав журналист вахъинаанин, хъвадаризе байбихьани. Бокьиларищ «Хӏакъикъат» казияталъе цо-цо гьединал лъугьабахъинал хъвазе?\n— Исана лъагӏел тӏубала районалъул «Чапар» казияталда хӏалтӏулев вугелдаса. Гьениса бачӏунеб гӏарац къваригӏун гуро, магӏарул мацӏ хиралъиялъ вуго гьенив хӏалтӏулев. Дица хъвала Украинаялда ругел гӏолохъабазул хӏакъалъулъ макъалаби, гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьезулгун бухьенги гьабула. Творческияб хӏалтӏи бокьула дие. Жакъа интернеталда хъвараб ток ссун ани, тӏагӏанин абизе бегьула. Интернеталда бугеб информацияги буго цо чиясда сагӏаталда жаниб тӏагӏинабизе кӏолеб жо. Амма казият-журналалда бахъараб макъала буго лъималазе ва гьезулги лъималазе ракӏалдещвей. Гьединлъидал диего казият бокьула цебеги ккун цӏализе. Битӏараб бицани, дида лъалароан «Хӏакъикъаталде» макъалаби ритӏизе бегьулеблъи. Гьанже лъанаха. Нилъеца нилъерго чиги, казиятги, мацӏги, ватӏанги цӏунизе ккола.\n— Дур гӏумруялъулъ букӏанищ рахӏат хвезабураб жого?\n— Студиялда хӏалтӏулеб мехалда гӏемерисеб заман дибирзабазда цадахъ унеб букӏиналъ рахӏатхун вукӏунаан. Бищунго рахӏат хвараб жо букӏана Сагӏидафанди (къудиса сиру) къадаралде щвей, гьевги гьевго гӏадал гӏалимзабиги чӏвай. Киса-кирго гьарулел мажлисазда щивав гӏалимчигун дандчӏван, гьезул кверал рачун, гьезда цадахъ гӏодов чӏун, гьезул вагӏзабазухъ гӏенеккун вукӏарав дие, гьелдаса захӏматаб жо щиб тӏокӏабги букӏинеб.\n— Мунго цохӏо хутӏидал рачӏунел ратила батӏи-батӏиял пикраби?\n— Дир ботӏролъе щибаб пикру бачӏуна, квешезего гӏадин, нухда, гӏадамазул цӏураб машинаялда рекӏун вукӏаго. Сапаразда вугев дир кинаб санагӏалъиха букӏинеб ботӏролъе бачӏараб пикру хъвазе. Гӏодов чӏун хъвазейин жувайдал, ботӏролъ рукӏанщинал жал ун ратула, кигӏан ургъаниги, ракӏалдеги щоларо. Гьанже, нужеда дунго веццулевилан ккоге, дица назмабиги хъвала. Доб фонарик-телефон кодоб бугеб мехалъ, сообщениял гӏадин хъвалев вукӏунаан дун назмаби. Амма хъвазейин абун гӏодов чӏедал, цо жугьацин бачӏунаро ботӏролъе.\n— Ия, Рамазан, щибха абилеб магӏарулазда дунялалда лъугьабахъунелда бан? Кинаб гьоркьоблъи бугеб «Хӏакъикъат» казияталъулгун?\n— Жакъасеб гӏелалъ казият сан гьабулеб гьечӏо. Доб цебе заманалда хӏакимчиясул хӏакъалъулъ казияталда хъван батани, дов чи я хӏалтӏудаса нахъе рехулаан, яги бадибчӏвай щолаан. Гьедигӏанги къуват бугеб жо букӏана казият. Амма гьанжесеб гӏелалда гьеб бичӏчӏулеб гьечӏо. Дир кутакалда ракӏ унтун букӏуна магӏарул мацӏ тӏагӏунеб букӏиналъ. Гьеб тӏагӏани, нилъер тарихги букӏунарелъулха. Гӏисинал росабалъцин лъимал руго гӏурус мацӏалда кӏалъалел. Гьезул лъималаздайин абуни, магӏарулалъ кӏалъазецин лъазе гьечӏо. Дица гьарула магӏарул мацӏалда рахъулел казияталги, журналалги, магӏарул мацӏалда хурхун гьарулел тадбиралги гӏемерлъагиян."}
{"slug": "21875-tak-siral-vortun-khlaltlutsa-vorkhun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=21875-tak-siral-vortun-khlaltlutsa-vorkhun", "title": "Такъсиралъ — гӏодовегӏанлъизавун, хӏалтӏуца — ворхизавун", "date": "2023-02-17 07:28:33", "categories": ["obshestvo"], "text": "«Открытая власть» абураб проекталда рекъон, журнали сталгун дандчӏвана УФСИНалъул начальник, генералмайор Андрей Поляков ва промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Аслияб суал букӏана такъсир гьабурал чагӏи тамихӏалде цӏаялъе ахирал соназда билълъанхъизабулеб бугеб цӏияб къагӏидаялъулгун журналистазул лъайхъвай гьаби.\n— Такъсир гьабуразда хӏалтӏизе тӏадаблъун гьабиялъул къагӏида нилъер улкаялда билълъанхъизабизе байбихьана 2017 соналъул 1 январалдаса нахъе. Гьединаб хӏукмуги гьабула судалъ, ай тӏадагьал такъсирал гьаруразе. Гьединазе гӏуцӏулел руго хасал централ, гьенир чӏезарун руго бигьаял шартӏал. Кибго гӏадин, гьезиеги буго микьго сагӏаталъулаб хӏалтӏул къо, 18 къоялъул отпуск, харжги кьезе бегьуларо МРОТалъул къадаралдаса дагь. Харж бачӏуна щивасул картаялде. Гьесда хадуб налъи ялъуни бецӏизе кколеб зарал батани, картаялда бугеб гӏарцудаса гъоркь ккола 5-20 процент, — ан бицана Андрей Поляковас.\nГьесул рагӏабазда рекъон, централде ритӏуларо санаде рахинчӏел лъимал, лъимаде йигей чӏужугӏадан, гьитӏинаб лъимер бугей эбел, 55 сонил ригьалде яхарай гӏадан ва 60 сонил ригьалдаса тӏаде арав бихьинчи, аскариял.\nГьеб къагӏида хӏалтӏизе биччаялъул аслияб мурадги ккола колониял, дагьабго къадаралъ ругониги, эркен гьари ва тӏадагьал такъсирал гьарурал, жамгӏияталъегун пачалихъалъе жиндаса хӏинкъи гьечӏел жанир тӏамун ругел дагь-дагьккун ракълилаб, эркенаб гӏумруялде ру- гьун гьари.\nДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Хали- ловас бицухъе, гӏезегӏан руго гьединал хӏалтӏухъаби къваригӏарал, гьезие хӏалтӏи кьезе хӏадурал предприятиял. Масала, Буйнакскиялда – «БОФ», Дербенталъул зонаялда — «Татляр» магӏишат, ДагъОгни шагьаралда — цӏер гьабулеб производство.\n— Тамихӏалде цӏарал гӏемерисел хӏалтӏухъабазул буго лъикӏаб махщел (цо-цоязе гьеб щола колониязда ругел профтехучилищеязда цӏалунги). Гьединлъидал предприятиязе бокьула гьелгун хӏалтӏизе. Амма буго цо масъала — гьел жанир чӏезе бакӏал гьечӏо, — ян бицана Н. Халиловас."}
{"slug": "22011-khiikmatazul-khuriv-kiososa-igit", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22011-khiikmatazul-khuriv-kiososa-igit", "title": "«Хӏикматазул хурив» Кӏососа игит", "date": "2023-02-26 10:17:03", "categories": ["gara"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда, «Поле чудес» передачаялда гӏахьаллъизе вачӏун вукӏана Исрапил Мухӏамадов. Тӏолабго магӏарул халкъалъе саламги кьуна гьес федералияб каналалдасан.\nИсрапил ккола Лъаратӏа районалдаса. Гьев хӏалтӏулев вуго НТВ-телеканалалда мухбирлъун.\nНижер пикру ккана Исрапилилгун «Поле чудесалда» гьабураб гӏахьаллъиялъулги, хӏалтӏи-пишаялъулги бицун гара-чӏвари гьабизе.\n— Дун ккола Кӏособ росулъа. Росдал школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Ольга Сибир- киналъул «Останкино-тв» киноялъулгун телевидениялъул школалде. Тӏаса бищана теле- радио журналистасул махщел. Лъагӏалица гьенивги цӏалун, хӏалтӏулаб хӏалбихьи дие щвана «Ру-тв» абураб музыкалияб каналалда ва гьединго «Звезда» телеканалалда. Жакъа дун хӏалтӏулев вуго «НТВ» телеканалалъул мухбирлъун. Цадахъго заочно цӏалулев вуго Грибоедовасул цӏаралда бугеб Москваялъул университеталъул журналистикаялъул факультеталда.\n— Журналистасул пиша тӏаса бищизе сунца гьесизавурав?\n— Нижер тухумалда цониги журналист вукӏинчӏо, гӏемерисел учительзаби руго. Дие гьитӏинаб мехалда бокьулаан батӏи-батӏиял передачабазухъ балагьизе. Бищунго рекӏее гӏолаан «Карусе- лалда» бихьизабулеб «Большие буквы» передача. Передача бачунев телеведущияс гьабулебщи- налда хадуб халккун вукӏунаан. Бокьулаан гӏадамазулгун гара-чӏвариял гьаризе, видеороликал рахъизе. Школалда цӏалулеб ме- халъго киназго абулаан гьалейила, нилъер Малахов вачӏунев вугилан. Гьеб мехалъги тӏубанго гъира ккана дир гьеб пишаялъул хӏалбихьизе. Гьединлъидал ичӏабилеб классалда цӏалулеб мехалъго хӏукму гьабуна журналистлъун вахъине.\n— Якубовичасухъе, «Поле чудесалде» кин нуж ккарал?\n— Гъоркьиса ракӏалдаго гьечӏого дун ахӏана, гьенире рачӏарал гьалбал дандчӏвалев, нухарегӏулев администратор хӏисабалда. Дун валагьун вукӏана гьеб передача бахъулеб куцалъухъ. Гьеб мехалъ диеги бокьилин гьенив гӏахьаллъизеян ккана. Цеего гьений гӏахьаллъарай цо ясалда бицана дица гьедин. Гьелъ цӏех-рехги гьабун, гьенир гӏахьаллъизе гӏарза битӏана. Заман индал, дихъе гьеб передачаялъул редактор Светланаца хъван бачӏана дурго баянал ритӏеян.\nХадубги хъван бачӏана гьелъ, мун гьениве игрок хӏисабалда ворчӏанилан. Гьеб лахӏзаталъ дир рохалие гӏорхъи букӏинчӏо. Битӏун бицани, дида гьениве ворчӏи цӏакъго захӏматаб жолъун бихьун букӏана. Хадубго цун бачӏана Якубовичасул гъулбас бугеб ахӏункагъатги. 18 декабралда рукӏана съемкаби. Дида цадахъ рукӏана эбелги яцги. Эбел тӏоцее щолей йикӏана Москваялде. Яцалъ миллияб кьурдиги хӏадурун букӏана.\nГьениб букӏараб ахӏвал- хӏалалъул бицун хӏал кӏвеларо. Журналист хӏисабалда, дун паналъун хутӏун вукӏана гьезул къокъа хӏалтӏулеб куцалъухъ балагьун. Передачаялда цебе киналго гӏахьалчагӏазулгун гьитӏинабго данделъи тӏобитӏана Якубовичас. Гьес абуна, нуж киназулго унго-унгояб байрамалда ругеб хӏисаб букӏине кколин. Хадубго цун гьикъана, кинаб мурадалда нуж гьанире рачӏаралин. Дица абуна, гьитӏинаб мехалъ кӏудияб анищ букӏанин гьаниве вачӏинеян. Дагъистаналдаса вугин абидал, гьес гьикъана Ра- сул Хӏамзатовасул рукъ цӏунун хутӏун бугищилан. Жиндир божарав гьудул вукӏанин гьевинги абуна Якубовичас.\nБитӏун бицани, дун хӏаялда вугев гӏадинго вукӏинчӏо. Финалалде ворчӏиялъул ургъелго букӏинчӏо. Гьениб букӏараб унго-унгояб байрамалъул ахӏвал-хӏалалдаса лазат босулев вукӏана дун. Эбелалъеги яцалъеги цӏакъго рекӏее гӏуна. Цӏияб соналде унго-унгояб сайигъат гьа- бунин дуцайилан абуна эбелалъ. Гьениб кьураб рагӏиялъул лъабго хӏарп лъана дида.\nРакӏалда буго хадубккунги гьединал передачабазда гӏахьаллъизе. Бокьун буго Андрей Малаховас бачунеб передачаялде инеги.\n— Дурго цониги проект ялъуни передача гӏуцӏизе ракӏалда гьечӏищ?\n— Дир анищ букӏана Якубовичасул бакӏалда гьеб передача бачине. Гьеб къоялъ гьес дие дагьалго минутаз гьединаб ресги кьуна, живго дир бакӏалдеги ун. Дир буго дирго ютуб-канал. Гьениб дица дирго росдал, гӏумруялъул, дунго щварал бакӏазул хӏакъалъулъ бицуна. Ракӏалда буго гьеб блог цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏизеги.\n— Исрапил, абулеб рагӏана мун къанагӏат гурони магӏарул мацӏалда кӏалъаларин. Гьелъ гӏурус акцент хисизабулеб бугин.\n— Гьеб битӏараб буго. Дида лъим гӏадин лъала рахьдал мацӏ. Дун «Останкиноялъул» школалде вачӏиндал, гьез абуна, дуда Москваялда телевидениялда хӏалтӏизе ракӏалда батани, мун Москваялъул «говоралде» ругьунлъизе кколин. Дида нижер нухмалъулес абуна, акцент сабаблъун, бицунеб жо тӏубанго бичӏчӏулеб гьечӏин. Дирго пикругицин гӏурус мацӏалда за- гьир гьабизе захӏмат букӏана 17 соналъ магӏарул мацӏ гурого бицинчӏев дие.\nАмма, цохӏо мацӏ бицинчӏого теялда бараб жоги букӏунаро гьеб. Тӏад хӏалтӏизе ккола литературияб гӏурус мацӏ гъваридго лъазабиялда. Гӏемерал классиказул асарал цӏалана. Дие тӏадкъай кьолаан гӏурус мацӏалда нухдасан унаго бихьанщинаб жоялъул хӏакъалъулъ бицине. Нижер букӏана «Техника речи» абураб дарс. Гьениб нижеда малъулаан щибаб рагӏи абизе кколеб куц. Цо гьоркьоб заманалъ бащдаб лъагӏалица Дагъистаналде тӏадвуссун вачӏарав дир каламалъулъе добго акцент тӏадбуссун бачӏине лъугьана. Гьанжейин абуни, хӏаракат бахъула хӏалкӏванагӏан гӏурус мацӏалда кӏалъазе.\n— Жакъа Дагъистаналда журналистасул пиша тӏаса бищулел гӏолилал гӏемер гьечӏо. Гӏемерисез тӏаса бищулеб буго СММ. Гьенир кепкал цӏикӏкӏун щолеллъидалха. Москваялда кинаб ахӏвал-хӏал бугеб гьелда хурхун?\n— Цо нухалъ дун щун вукӏана ДГУялъул журналистикаялъул факультеталда цӏалулел ругел студентазухъе. Гьез абуна, рес бугелдаса нахъе Москваялде ани лъикӏ бугилан. Щайгурелъул, Дагъистаналда гьеб пишаялъулъ церетӏезе ресал дагьал руго. Дун кӏиго-лъабго моцӏалъ РГВКялда практикаялъ вукӏана. Гьениб кӏиго-лъабго батӏияб жанралъул гурони передачаби рахъулел рукӏинчӏо. Гӏицӏго информациялъулаб жанралда чӏезе бокьун букӏарабани, дун Москваялде инчӏого, Дагъистаналдаго чӏелаан. Амма дие бокьун букӏана, батӏи-батӏиял жанразда хӏалбихьизе, проектазда гӏахьаллъизе. Харж-мухьги гьаниб, гьайгьай, ниж разияб щола. Амма хӏамул гӏадин хӏалтӏизеги кколаха."}
{"slug": "22028-shamilil-khiak-ik-at-rag-a-rakande-shchun-ragun-gech-o-zhegi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22028-shamilil-khiak-ik-at-rag-a-rakande-shchun-ragun-gech-o-zhegi", "title": "Шамилил хӏакъикъат рагӏа-ракьанде щун рагьун гьечӏо жеги", "date": "2023-02-27 16:03:44", "categories": ["rel"], "text": "Ункъабилеб февралалда, Шамил имам накълулъараб къоялда, «Алифба» абураб басмаханаялда тӏобитӏана Мухӏамаднаби Ибрагьимовасул «Имам Шамил: биографиялъул гьурмал ва гьеб хисизабизе къеркьолел хӏаракатчагӏазе бадибчӏвай» (Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток ее фальсификации) абураб тӏехьалъул презентация. Гьелда гӏахьаллъана тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Хӏажимурад Доногъо, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул нухмалъулев Ахӏмад Муртазагӏалиев, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев. Тадбир нухда бачана Ахӏмад Муртазагӏалиевас.\nХъвадарухъабилъун рахъарал математикал\nДанделъи рагьулаго, А. Муртазагӏалиевас къокъаб баян кьуна тӏехьалъул авторасул хӏакъалъулъ. «Дида лъала машгьурав литературоведлъунги, хъвадарухъанлъунги, публицистлъунги вахъарав кӏиго математик: академик Хӏажи Хӏамзатовги Мухӏамаднаби Ибрагьимовги. Пагьму-гьунарги адабияталдегун тарихалде рокьиги букӏиналъ тӏамуна гьел жидее щвараб лъаялдаса батӏияб пишаялде машгъуллъизе.\nМухӏамаднаби Ибрагьимовас кутакалда лъикӏ хъвала магӏарулги гӏурусги мацӏазда. Гьев хӏалтӏана гӏагараб росдал школалда учительлъун, вукӏана гьелъул директорлъун ва Унсоколо районалъул администрациялъул бетӏерасул заместительлъунги. Гьесул жигараб хӏаракаталдалъун гӏуцӏун букӏана Шамилил цӏаралда бугеб маданиябгун тарихияб фонд. Мухӏамаднабица магӏарул мацӏалда хъвана «Цевехъан» абураб къиса (18 гӏасруялда магӏарулаз гьарурал чабхъеназул цевехъан, Унсоколоса Нурмухӏамадил хӏакъалъулъ), гӏурус мацӏалда – «Балахьуниса Муса» абураб тӏехь (Шамилил наибасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ), Ахӏулгохӏда къадаралде щварай Шамил имамасул лъади Жавгьаратилги гьелъул вас Сагӏидилги хӏакъалъулъ къиса ва гь.ц.\nГӏемерал соназ Мухӏамаднабица данде гьаруна гендерил шагӏирзабазул асарал. Гьес хӏалбихьана «Хьиндалазул годекӏан» абураб журнал басмаялде бахъизеги – къватӏибе бачӏана гьелъул цо чанго номер. Кутакалда ватӏан хирияв, пагьму тӏокӏав инсан, тахир бокьулев чи – гьев мустахӏикълъула нилъер адаб-хӏурматалъе.\nДагъистаналъул ва магӏарул адабияталда къанагӏатаб жанр буго тарихияб роман. Гьеб рахъалъ хӏалбихьи гьабун букӏана Хӏусен Хӏажиевас – гьес хъвалеб букӏана «Хӏамзатбег» абураб роман. Амма гьеб щвалде щвараб бугин абизе кӏоларо. Мухӏамаднаби Ибрагьимовас цебе туркӏизабуна тарихияб проза. Гьесул асарал гӏемерав чиясухъе щоларо, тираж дагьаб букӏиналъ. Ракӏчӏун абила: гьесул тӏахьал чарагьечӏого рахъизе ккола цоги нухалда», — ян бицана А. Муртазагӏалиевас.\nТӏехь хъваялъе гӏиллалъун М. Ибрагьимовас рехсана Шамил имамасул хӏакъалъулъ газетаздагун журналазда рахъарал макъалабазда риччарал гъалатӏалги мекъал баяналги. «Ахирал соназда, хасго Интернеталда, гӏемерлъана мекъал баяналги рехсон кьолел макъалаби. Масала, Шамилил умумул Цӏумада районалъул Гьаквариса кколин абун. Гендерил биценазда Денгаван абулаан Шамилил инсуда, гьабсагӏатги росдал чӏахӏияз гьесде абула Денгасул Шамилилан. Гьелда бан, Денгав абураб цӏар бугеб шинаб росдал вакилас имам жидер росулъа кколин абураб «къец» бана. Магӏарул шагӏир ва хъвадарухъан Хӏусен Хӏажиевас хъвана Шамил Гьоцӏалъа вугин абун. Гьигьалъа кколин чӏана рехсараб росдал биценал данде гьарурав Имамамухӏамад. Гьединал макъалабазе жаваб кьолаго, анцӏгониги соналъ баяналги данде гьарун, хӏадурана гьаб жакъа цебелъолеб бугеб тӏехь», — ан бицана тӏехьалъул авторас.\nГендерил бахӏарзазда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏалда\nШамил имамасул хӏакъалъулъ гӏемерал баянал загьирлъана Хӏажимурад Доногъол хӏаракаталдалъун. Республикаялъул ва улкаялъул гурел, къватӏисел улкабазулги архиваздаса ралагьарал баянал хӏалтӏизарула гьес Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ хъварал гӏелмиял хӏалтӏабазулъ. М. Ибрагьимовасул тӏехьалъе къимат кьолаго, гьадин бицана тарихиял гӏелмабазул докторас: «Гендерил росулъе щванщинахъе ракӏалде ккола сундул баракаталъдай гьаб росу гьадигӏан гьуинлъарабан абун. Гьеб росулъа вахъана дунял-гӏаламго жиндир хӏакъалъулъ бицине тӏамурав, Дагъистаналдагун Кавказалда ва Россиялдагун къватӏисел улкабазда машгьурлъарав чи. Генуса Мадинаялде щвезегӏан – гьеб гӏумрудул нух буго гӏажаибаб, инсанасул пикру хадуб гъолареб хӏикмалъиялъул сапар. Гьитӏинабго росдал вакилас жиндир кӏигъуждузда баччана гӏемераб захӏмат, хӏехьана гӏакъуба, рекӏел унти, къварилъи-пашманлъи. Гьебго заманалда гьес кидаго ритӏухълъи цӏунана жиндирго аслияб пикруялъе – шаригӏат тӏибитӏизабиялъе, дин цӏуниялъе. Гъваридго гъорлъе лъугьун гьелъул хӏисаб гьабураб мехалда гурони, тӏубанго бичӏчӏуларо гьелъул кӏодолъиги магӏнаги.\nТӏоцевесев имамги Генуса вукӏаравлъи ракӏалде щвезабидал бичӏчӏула дунялалъулго тарихалда лъалкӏ тарал машгьурал имамзабазулги церехъабазулги росу гьеб букӏин. Дица бищун кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна, 1980-абилел соназда, заниги босун, колхозалъул басрияб автобусалда гендерил гӏолохъабазда цадахъ Гъарачай-Черкессиялъул Первомайское росулъеги ун, Шамил имамасул вас Мухӏамад-Шапигӏил хабада гьеб эхетизаби.\nГьанжезаманалъул гендерил бахӏарзазда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ ккола Мухӏамаднаби Ибрагьимовас. Хӏикматаб пагьмуялъул ва кӏудияб сабуралъул чи вуго гьев. Гьунар бугев хъвадарухъан вуго гьев. Гьес абуна, тӏехьалда цӏияб жо щибго гьечӏин абун. Амма дица абила: гьеб тӏехьалда кинабго ккезабун буго жинди-жиндир бакӏалде, тӏад щивго кӏалъалареб хӏалалда. Дица гьеб цӏалана, байбихьаралдаса ахиралде щвезегӏан бер тӏаса босичӏого. Диего цо чанго цӏияб хӏужаги рагьана дица гьелдаса. Цебеккун дидаго кьучӏабин ккарал хӏужабазда шаклъизеги тӏамуна. Гьеб буго Шамил имамасул гӏумруялъул хӏакъикъат лъазе бокьарал гӏадамазе цӏакъ хӏажатаб тӏехьги кӏудияб сайгъатги.\nБитӏараб бицани, рекӏеда рекӏун рукӏана Шамилил биографиялъул хӏужаби гьанирехун-дорехун цӏалел цо-цо «гӏалимзаби». Мухӏамаднабица чӏванкъотӏун, щибаб хӏужаялъе лъабго-ункъо далилги рехсон, кьолел руго киналгӏаги баянал. Гьес гьедин бичӏчӏизабичӏебани, ниж, гӏалимзабицин, мекъал баянал рехсолел хутӏилаан. Цӏакъ хӏажатаб тӏехь буго. Шамилил тарих лъазабулев щивав чиясул библиотекаялда чарагьечӏого букӏине ккола гьеб.\nГӏемераб ахӏи-хӏур букӏуна Шамил гьавураб яги хвараб къоялъул хӏурматалда гӏуцӏулел тадбирал стадионазда тӏоритӏизе кколин абун. Щайха тӏоритӏуларел? Гӏалам бакӏарараб данделъиялдаса гьаб жакъа гӏадинаб тадбиралъулго магӏна кӏудияб буго, дир пикруялда. Жакъа гьанив гӏодор чӏарасдаса гӏемер вуго вахъун чӏарав чи. Гьелъги бихьизабула Шамилил тарих лъазабизе бокьарал гӏадамал гьанире рачӏун ругеблъи», — ян.\nКагътазги рагьула имамасул сипат\nМухӏамад Хӏамзаевасул хӏаракаталдалъун, дагъистаниязе рес щвана Шамил имамасул щунусгоялдаса цӏикӏкӏун кагъат цӏализе. Гьел кагътаз рагьула имамасул гӏамал-хасият, гьесул пикрияб дунял. М. Ибрагьимовасул цӏияб тӏехьалъул хӏакъалъулъ Мухӏамадица абуна: «Тӏехь бахъулеб мехалда Мухӏамаднабица гӏемераб жо дандбана дунгун. 152 сон ана, имамас гьаб дунял таралдаса нахъе. Гьесул хӏакъалъулъ аза-азар тӏехь хъваниги, гьесул гӏумру-гӏамал тӏубанго рагьизе къуват гӏун гьечӏо. Чанги хӏужа,лъугьа-бахъин жеги лъаларо нилъеда. Гьев кӏудияв инсан тӏубанго нилъеда жеги вичӏчӏун вахъунаро. Гьеб бихьулеб буго имамас хъваралги имамасухъеги хъварал кагътаздасан. ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏалимзаби Шагӏбан Хӏапизовгун, Мухӏамад Шехмухӏамадовгун ва Жамалудин Малламухӏамадовгун цадахъ гьабулеб буго Шамилил кагътал магӏарул мацӏалде руссинариялъе тадбир. Гьел кагътазда батулеб буго нилъеда жеги лъаларин чанги хӏужа», — ян.\nШамилил баракаталъ жакъаги дагъистаниязе кумек гьабулинги абун, гьадинаб хӏужа рехсана М. Хӏамзаевас: «Чорхол сахлъиги загӏиплъун, вахъун чӏезе кӏоларев херав имамас, Маккаялде щвараб мехалда, тӏалаб гьавун вуго Жамалуллайи абурав Маккаялъул цо имам. Гьес хъвараб кагъатги батана нижеда. «Дица, Шамил имамасул тӏадкъаялдалъун, тӏаде босулеб буго, чӏаго вугебгӏан мехалъ Дагъистаналъул хӏажизабазе мутӏалиблъи гьабизе», — ян хъван буго гьеб кагътида. Хӏежжалда тӏавап гьабиялъе квербакъулел чагӏи ккола мутӏалибал.\nГӏолохъанаб заманалдаги, Кавказалъул рагъдаги, Калугаялда вукӏагоги Шамилица дагъистаниязул тӏалаб гьабулеб букӏараблъи лъала нилъеда. Херлъун, вахъун чӏезе кӏолареб хӏалалде ккедалги, ракьцоязул ургъалида вукӏун вуго гьев. Гьеб буго цо хӏужа. Гьединал хӏужаби жеги гӏемер руго. Шамилил феномен рагӏа-ракьанде щун лъазабун бажарун гьечӏо жеги».\nТӏехьалъул хӏакъалъулъ пикраби загьир гьаруна шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъги. «Дица цӏалана гьесул киналниги тӏахьал. Дун хӏикмалъизаюна Мухӏамаднабил хъвадарухъанлъиялъул гьунаралъ. Гьес кидаго ралагьула кьучӏал, мухӏканал, чӏванкъотӏарал хӏужаби, гьединлъидал гьес хъвараб асаралда ракӏги божула.\nДунго гӏадин, Ибрагьимовасул гьунаралъ асир гьарун ратила жакъа гьанире рачӏарал гьал гӏолилалги. Кӏиго-лъабго соналъ Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб библиотекаялда тӏобитӏараб тадбиралдеги рачӏун рукӏана гӏемер гӏолилал. Гьеб ккола гӏолилаз нилъер тарихалъул адаб гьаби, гьеб лъазабизе гьезулъ гъира букӏин», — ян бицана гьелъ.\nЦӏалдолезул пикраби\n«Нилъер имамасул хӏакъалъулъ рекӏекълъизарулеб къимат кьолел цо-цо хӏаракатчагӏиги камуларелъул, Шамилил бицунеб мехалда, хӏисабалде босизе ккела гьев исламалъул цевехъанлъун вукӏаравлъи. Масала, гьев асирлъуде ун вукӏун ватани, кьолищ шаригӏаталъ гьедин гьабизе ихтияр? Дир пикруялда, буго гьединаб ихтияр. Щайгурелъул асхӏабзабиги асирлъуде унаан – гьединал хӏужаби нилъеда лъала. Шаргӏ тӏибитӏизабизе къеркьарав имамасул сипат рагьизе ккола шаргӏияб рахъги кьочӏое босун», — ян пикру загьир гьабуна тадбиралде вачӏарав цо гӏолилас, авторасеги тӏехьалъухъ баркалаги кьолаго.\n«Дун вуго Москваялъулги цогидал регионазулги студентал-ракьцоязул ассоциациязул член. Нижее, гӏолилазе, цӏакъ хӏажат руго гӏагараб ракьалъул тарих рагьулел тӏахьал. Гӏолилаз кӏудияб адабалда къабул гьарула ва кьучӏаллъун, божизе бегьулеллъун рикӏкӏуна Хӏажимурад Доногъол тарихиял тӏахьал. Нижеца тӏадчӏун цӏалула гьесул щибаб гӏелмияб хӏалтӏиги тӏехьги. Дица гьарилаан, хадубккунги гьадинал, ай гӏагараб ракьалде рокьи куцалел, тадбирал гӏуцӏулеб мехалда гӏолилаздаги лъазабеян абун. Нижер ихтияр гьечӏо, нужер, ай Дагъистаналъул къадруял тарихчагӏазул, гӏахьаллъи гьечӏого гьединал тадбирал тӏоритӏизе. Школалда Дагъистаналъул тарих малъичӏо нижеда букӏине кколеб куцалда. Дун цӏалулеб заманалда малъичӏо школалда рахьдал мацӏ, Дагъистаналъул гӏадаталгун маданият. Гьел дарсал рукӏунаан бищун ахиралда ва гӏемерисеб мехалда ниж рокъоре риччалааан яги нижго лъутулаан. Гьединлъидал бокьун буго, нижго тӏадчӏун хадурги лъугьун, гьанжегӏаги гьеб лъазабизе. Гьанжесел цӏалдохъабаздеги хитӏаб гьабизе: хӏаракат гьабе нилъерго тарих, рахьдал мацӏал ва адабият лъазабизе», — ян бицана ДГПУялъул студент Сагӏидбег Гӏусмановас.\n«Баркала гьадинаб лъикӏаб тадбиралъухъ, халкъалъул цевехъанасул хӏакъалъулъ нижее, гӏолилазе, бицаралъухъ! Дица цӏалана Мухӏамад Хӏамзаевасулги Хӏажимурад Доногъолги тӏахьал. Жакъаги нижеда гӏемер цӏияб жо лъана. Хӏакъикъаталдаги, цо макъалаялда дица цӏалун букӏана Шамил гуржиязул пачаясул тухумалъул чи вугин абун», — ян абуна ралел бакӏазул инженер Тимурица.\nСурат босана гьаниса — https://t.me/CaucasianGazavat"}
{"slug": "22155-kiochonarebl-un-bukiina-ulkayal-ego-rasulil-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22155-kiochonarebl-un-bukiina-ulkayal-ego-rasulil-son", "title": "Кӏочонареблъун букӏина улкаялъего Расулил Сон", "date": "2023-03-09 10:13:28", "categories": ["lit"], "text": "Араб соналъул хӏасилалги гьарун, исана хӏисабалде босараб хӏалтӏул бицана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, талат къоялъ республикаялъул журналистазулгун дандчӏваялда. Жидерго идараялда тӏобитӏараб гьеб данделъи нухда бачана РИА «Дагестан» агентствоялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас.\nМиллияб проекталда рекъон, культураялъул бутӏаялда гьарун рагӏалде рахъарал чӏахӏиял хӏалтӏабиги рехсон, республикаялъул маданияб рахъ цебетӏеялъе гьелъул хӏажалъиялъул бицана министралъ.\nАслияб къагӏидаялъ Зарема Бутаевалъ тӏадчӏей гьабуна Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялда хурхун исана республикаялда ва улкаялда тӏоритӏизе хӏисабалде росарал чӏахӏиял тадбиразда:\n— Расулил Соналъе гвангъараб байбихьи лъуна 1 марталъ республикаялъул Гӏурустеатралда, хадубккунги гьеб тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏизе буго Россиялдаго. Расул Хӏамзатов ракӏалдещвеялъул хасаб программагун нилъер искусствоялъул гьунарчагӏи, театразул коллективал щвезе руго республикаялъул районаздегун шагьаразде, улкаялъул регионазде, хӏатта къватӏисел улкабаздецин. Тадбиразул программа цӏакъ бечедаб буго, гьеб гӏуцӏизе нижее кӏудияб квербакъи буго «Росконцерт» федералияб идараялъул.\nЗарема Бутаевалъ загьираб пашманлъигун ракӏалдещвезавуна, дагьалъ Аллагьасул къадаралде щварав, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадов:\n— Ракӏал унтараб, ками ккана нилъее исана лъагӏалил байбихьудаго. Хасго гьадинаб кӏваралъул хӏалтӏи гьабулаго хьолбохъ Мухӏамад Ахӏмадов гьечӏолъи — гьеб нижее буго квербекараб чӏобоголъи.\nЖиде-жидер миллаталъул маданияб ирс цӏуниялда хурхарал суалал рорхана гьенир республикаялъул газетазул вакилзабаз. Шамил районалъул къелдерил фольклор цӏуниялъе, гьезул маданияталъун мина цӏигьабиялде кӏварбуссинабураб букӏана «Хӏакъикъаталъул» рахъалдаса министралъе кьураб суал.\n— Нилъер халкъазул хаслъи, рухӏияб ирс цӏуни — гьеб цӏакъ кӏварбугеб суал буго, — ян абуна министралъ. — Гьал ахирал соназ гӏемераб хӏалтӏи гьабун рагӏалде бахъана миллияб «Культура» проекталда рекъон республикаялъул райцентразда, росабалъ анцӏ-анцӏ клубалгун искусствоялъул школал къачӏана, цӏидасанги гӏезегӏан рана. Рагьулел руго заманалъул тӏалабалда рекъарал библиотекаби, цогидал культураялъул идараби, гьеб хӏалтӏи тартибалда унебги буго жеги. Жидер районалда ва росулъ гьединаб хӏалтӏи рагӏалде бахъин, бакӏалъулал нухмалъулезул хӏаракаталда, законалъул тӏалабазда рекъон жиндир заманалда документал хӏадуриялда бараб буго, — ян абуна Зарема Буттаевалъ.\nАхиралдаги министр тӏадюссана пресс-конференциялъул аслияб тема-Расулил Соналде, щаклъи гьечӏого, гьаб тӏубараб лъагӏелго нилъее киназего ракӏалда чӏолеблъун букӏинин абуна гьелъ.\nРасул Хӏамзатовас 100 сон тӏубаялда хурхун тӏоритӏулел тадбиразул мухӏканлъи лъазе бокьаразе, хӏажатал баянал руго культураялъул министерствоялъул сайталда."}
{"slug": "22207-nil-eda-l-alevgi-l-alarevgi-zhamaludin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22207-nil-eda-l-alevgi-l-alarevgi-zhamaludin", "title": "Нилъеда лъалевги лъаларевги Жамалудин", "date": "2023-03-13 19:36:56", "categories": ["rel"], "text": "1839 сон. Август моцӏ. Шамил:\n«… Рагъ къотӏизабиялъе гӏоло дица аманаталъе кьезе кколев вуго дир хирияв вас Жамалудин. Гьанадаса гьан тӏезабизе бигьаяб буго, ракӏалдаса ракӏ кин къотӏун батӏа гьабилеб…». Гьедин байбихьулеб буго дагьал церегӏан къоязда къватӏибе биччараб Хӏажи Сайпуевасул «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат» абураб драма хӏисабалда хъвараб тӏехь. Гьеб хъваялъул хӏакъалъулъги кӏудияб тарих буго.\n30-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ данде бакӏарун, хӏакъикъияб тарих къалмиде босанин бицана нижергун ккараб гара-чӏвариялда Хӏ. Сайпуевас. Драмаялдалъун рагьун буго нилъеда лъаларев Жамалудинил образ, гьесул къваридаб къисмат.\nБаян:\nБолъихъ районалъул Рикӏваниса Хӏажи Сайпуев цӏалана Москваялъул Полиграфияб институталъул журналистикаялъул факультеталда. Хӏалтӏана республикаялъулаб теле-радиокомпаниялда, Болъихъ райгазеталда ва районалъул радиовещаниялда. Гьев вукӏана «Хӏакъикъат» газеталъул хасав мухбирлъунги.\nРФялъул Журналистазул союзалъул ва РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член Хӏ. Сайпуевас къватӏибе биччана анлъго тӏехь.\n— Хӏажи, Жамалудинил хӏакъалъулъ художествияб асар хъвазе кин ва кидал ракӏалде ккараб?\n— 1982 соналда Москваялда, «Комсомольская правда» газетаялъул редакциялда, дун дандчӏвана публицист, таржамачӏужу, хъвадарухъан Ремида Радовскаягун. Дун гьелъухъе гьоболлъухъ щведал, къадада бан бихьана бихьинчиясул ва чӏужугӏаданалъул кӏиго сурат. Гьелъ абуна 125 сон цебебахъараб Шамил имамасул вас Жамалудинил сурат бугин гьабилан абун. Дица гьелда абуна гьеб сурат Жамалудинил букӏине рес гьечӏин, гьесул цоги батӏияб сурат бихьун букӏанин дида шагӏир Гӏумар-Хӏажи Шахтамановасул рокъоб. Гьеб мехалъ гьелъ бихьизабуна дида кӏиго сурат: цояб — цебеккунго дида бихьун букӏараб ва дирго тӏехьалда лъураб ва цогидаб — гьениб къадада баралда релълъараб. Радовскаялъ абуна гьеб кӏиябго сурат цого чиясул бугин.\n«Цояб дуда Дагъистаналда бихьараб, талихӏкъарав Жамалудинил, гьаб дихъ бугеб сурат– талихӏав Жамалудинил бугин. Лъикӏгобалагьидал гурони сураталда цого чи вукӏин бичӏчӏуларо», — ян абуна гьелъ.\nТалихӏав Жамалудинил сурат Ремидахъе щун буго, гьесул йикӏарай абурай Елизавета Олениналъул цогидаб къайигун цадахъ. Польшаялда вугеб заманалда жиндирго абуралъухъе битӏизе бахъун букӏун буго гьеб.\nГьелъ дида бицана жинца Жамалудинил хӏакъалъулъ хӏакъикъияб къиса хъвалеб бугин, Дагъистаналдаса гьесул хӏакъалъулъ материал бакӏаризе кумек гьабеян абун. Гьеб къоялъ гьелъ дида бихьизабуна Елизаветал дневникги. Гьелдаса цо-цо хъвай—хъвагӏаял гьарун рукӏана дицаги.\n— Доб мехалда гьеб темаялда тӏад хӏалтӏизе гьукъун букӏинчӏищ?\n— Дагъистаналде щвейдал, Елизаветал дневникалдаса гьарурал хъвай-хъвагӏаялги магӏарул мацӏалде руссинарун, «Багӏараб байрахъ» газеталде ритӏана. Гьел газеталда рахъичӏо, кьучӏ гьечӏел, дицаго ургъарал жал ратилин абураб багьанаги батун.\nХадуб, 1986 соналда газеталда къватӏибе бачӏараб макъалаялда Жамалудинил хӏакъалъулъ Кӏаратӏа росулъа Гӏалихӏажи Гӏумарасхӏабовас хъвараб гьитӏинабго макъала батана дида.\nУнкъо соналъ цебе Ремидае кьун букӏараб рагӏиги ракӏалде щун, дун ана Кӏаратӏе. Гӏалихӏажихъ батана Жамалудинил дневникги, чадирги, Елизаветал сурат жаниб лъураб, цесеб рахъалда хириял ганчӏалги лъун хъанч бахъараб меседил кулонгун рахасги.\nГӏалихӏажица дихъе дневник кьечӏо. Гьеб цӏализе ва тӏаса хъвай-хъвагӏаял гьаризе, щибаб шамат ва гьатӏан къоялъ хьвадана Кӏаратӏе.\nХъвай-хъвагӏаялги росун дун ана Москваялде, Радовскаялъухъе. Гьей хун ятана. Гьелъул вас ватана рокъов. Гьелъ нахъе цӏунараб дневник кьеян гьаридал, васас бицана жинца эбелалъул библиотека бичанин, цо-цо жо макулатураялъегикьунин абун. Гьеб мехалда ракӏалде ккана дида Жамалудинил хӏакъалъулъ тӏехь дицаго хъвалин абун.\nДун щвана Санкт-Петербург, Москва, Рязань, Торжок, Тифлис шагьаразул архивазде. Гьениб Жамалудинил хӏакъалъулъ кодобе босизе гӏадаб жого батичӏо дида. Доб заманалдаго Жамалудинил хӏакъалъулъ хъвазе биччалеб букӏинчӏо пачаяс, тӏадвуссун хадуб Шамилицаги гьукъун букӏана гьесул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал, тарихиял документазулъги цӏакъ мукъсанал гурони гьесул хӏакъалъулъ баянал гьечӏо. Гӏемерисеб халкъалъе гьев хутӏана инсул рахъги кколарев, инсуда дандеги чӏарав чилъун. Гьев вичӏчӏулев вукӏинчӏо гӏемерисезда.\nЖамалудинил дневник цӏаларалдаса нахъе дир мурад букӏана, гьезул хъизамалда гьоркьов вукӏарав киниги, гьезул хӏакъалъулъ хъвазе. Макьилъгицин вихьулаан дида гьев. Халкъалда Жамалудинил хӏакъикъат бихьизабизе бокьун букӏана дие. Гьаб драмаялдалъун дица рагьулев вуго гьесул ва Лизал дневникалда вихьарав, унго-унгояв Жамалудин.\nХъвазе гъукъиялъ тарих мискинаб батана\n— Драмаялдалъун гьеб хъваялъе гӏилла щиб?\n— Къаламцояз дида абулеб букӏана драмаялъул бакӏалда киналго ругьунаб роман хъвазе бегьулеб букӏанин абун. Дица хӏалбихьана, амма драмаялъ гӏадин героязул рекӏел хӏалги, гьезда гьоркьоб бугеб дагӏба-къецги къватӏибе кьун бажарулареблъи бичӏчӏана. Гьединаб кӏудияб драма сценаялда лъоларин абулелги камичӏо. Драмаялъул чанго батӏияб жанр буго, гьелда гьоркьоб буго цӏализе хъвараб драмаги. Гьеб къагӏидаялда хъвараб буго дица «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат».\nДрамаялъулъ цӏикӏкӏун кӏвар кьун буго хӏакъикъиял лъугьа-бахъинал рихьизариялде. Гьениб цониги цӏар гьечӏо дицаго ургъун бахъараб. Художествияб асар бугелъул, гьенир руго эпитеталги метафоралги, калам берцин гьабизелъун къачӏарал предложениялги. Гипербола гьечӏо. Кӏодо гьабун, бугелдаса цӏакъаблъун, кутакаблъун бихьизабун гьечӏо кинабгӏаги лъугьа-бахъин яги героязул калам.\n— Нилъерго тарихчагӏазда аскӏове ун цӏеханищ дуца Жамалудинил гӏумрудул хӏакъалъулъ?\n— Жамалудинил хӏакъалъулъ гьезда лъалеб жо гӏемер батичӏо. Ю. Дадаевасухъе ун вукӏана. Гьес абуна Доногъохъе аян. Гьесухъе дун инчӏо. Гьесул «Аманат Кавказской войны» абураб тӏехь бихьана дида. Гьениб Жамалудин цӏалараб бакӏалъул ва буюрухъазул хӏакъалъулъ документал ругоан. Гьес абулеб бугоан Жамалудинилги Елизаветалги «легкий флирт» букӏанин, кинайгӏаги абурайги гьей йикӏинчӏин. Дицаго цӏалараб Жамалудинил дневникалда хъвалеб буго гьелде букӏараб кутакаб рокьул хӏакъалъулъ. Инсудаги гьарулеб бугоан гьес жиндие Елизавета ячеян абун. Жиндие ячани гьелъ ислам босизеги рагӏи кьолеб бугин бицун буго гьес инсуда. Шамилица инкар гьабулеб буго васасе Елизавета ячине. Гьеб мехалда Жамалудиница инсуда абулеб буго, дуца эрменияй ячине бегьараб, жинца гӏурусай ячине бегьуларищин абун. Гьединги разилъун гьечӏо имам.\n— Дневник хӏакъикъаталдаги Жамалудиница хъвараб букӏиналда ракӏчӏей бугищ?\n— Доб заманалъул къагӏидаялъ хъвараб, гьесул васигатги тӏад бугеб дневник букӏана доб. «Гьаб васигатги дневникги инсухъеги Гъазимухӏамадихъеги кьоге, Мухӏамад-Шапигӏихъе кьеян абун» — хъван букӏана гьениб. Жамалудиница магӏарул цӏаразулъ гӏурус мацӏалда гьечӏел хӏарпазул бакӏазда гӏараб хӏарпал хъвалел ругоан. Цадахъ букӏараб къайиги Жамалудинил букӏана. Гьениб букӏана Аллагьасдехун гьабураб хитӏабги. Нахъвуссинчӏелъухъ эбелалда тӏаса лъугьаян гьарулеб бугоан гьес, йокьулейги тӏаса лъугьинаюлей йигоан…\nЖамалудинил дневник тӏагӏана\n— Дневникалдаса хъвай-хъвагӏай гьабун гурони, цогӏаги сурат гьечӏищ хутӏун? Гьанже лъихъ бугеб гьеб?\n— Доб мехалда Гӏалихӏажица жиндирго рокъов гӏодовги чӏун, тӏаса хъвазе гурони дихъе кьечӏо дневник. Суратал рахъизеги гьанжегӏадаб рес букӏинчӏо. Гьес абуна жиндир кӏудияв инсул эмен Гӏалихӏажица Жамалудиние рагӏи кьун букӏанила дневникги цогидаб къайиги гьесул гӏагарлъиялъухъе кьезе. Кӏудияв инсул васигат тӏубазабизе Москваялде щун вукӏана гьев. Гьезул хъизамалъ Казахстаналъул Ош шагьаралда гӏумру гьабулеб букӏана (Сталинил репрессиял сабаблъун ккана гьел Ошалде). Гьенисан Москваялде щвана Гӏалихӏажи Шамилил гӏагарлъи цӏехезе. Адресазул тӏехьалдебалагьидал гьединаб фамилиялъул гӏемерал гӏадамалги ратун, лъихъе Жамалудинил ирс кьелебали лъачӏого гьеб иш тана гьес. Гьенисавачӏаравги вукӏана гьев Дагъистаналде. Кватӏичӏого Гӏалихӏажиги Ошалде тӏадвуссана.\nГьелдаса чанго сон ун хадуб дунго ун вукӏана Ошалде, доб дневникалъул хӏакъикъат цӏехон. Гӏалихӏажи хун ватана ва гьесул рокъоса цо кӏудияй гӏаданалъ бицана гьеб къайиги Жамалудиние Мухӏамад-Шапигӏица сайгъат гьабураб хвалченги цадахъ босун анин васазин абун. Гьезухъеги щвана дун, Москваялде. Гьез немцасе бичун батанахвалчен. Дневникги жидеца бухӏанин абуна.\n— «Аманат» фильмалда бихьизабулелдаги дуца дневникалдаса цӏаларалдаги гьоркьоб релълъенлъи бугищ?\n— Гьечӏо. Тарихиял хӏужаби хисизарун, мукъсан гьарун, ургъун рахъун руго гьенир. Императорас жинцаго гьарана Жамалудиние Елизавета. Гьезул берталъ Жамалудинил эменлъунги живго вукӏине вугин абун буго гьес. Жамалудиница Елизаветалда абулеб буго нилъ цин магьари лъезе мажгиталде рилълъине ругин, хадуб дур къагӏидаялъ килисаялдеги ун бертинги гьабилин. Императорас мажгиталде ун магьари лъезе ихтияр кьоларин Елизаветаца абидал, Жамалудиница абуна гьес жиндирго яс Ольгаги православияб ва католикияб къагӏидаялъ бертин гьабун кьунин, жиндиеги инкар гьабиларин абун.\n— Жамалудиница дозул дин босаниланищ хъван батараб дневникалда?\n— Гуро. Гьесие тарбия кьуна исламияб диналда рекъон. Императорас гьев Москваялъул академиялдаса ургъунго Александровский корпусалде витӏула гьениб ислам малъулеб букӏиналъ. Кӏиго соналъ гьенив цӏалула гьев. Жамалудиница Къуръанги цӏалулаан, гӏараб, татар, ингилис, паранг, немец мацӏалги лъалаан. Гӏараб ва татар мацӏал кӏочонел ругин хъвалеб бугоан гьес дневникалда.\nДоногъоца абулеб буго Жамалудинида кинабгӏаги къватӏисел улкабазул мацӏал лъалароанин. Доб мехалда паранг мацӏ лъазабулеб гӏадат букӏана киса-кибего, хӏатта гьеб мацӏалда кӏалъалаан гӏурусалги. Кӏудиял хъвадарухъабазгицин жидерго асаразулъ бащадаб къадаралда паранг мацӏ хӏалтӏизабулаан доб мехалда.\n— Магӏарул мацӏ лъалеб букӏанищ Жамалудинида?\n— Гьесда гьеб кӏочон букӏана. Кӏоченчӏо эбел ва гьелъ жиндиего рикӏкӏунеб букӏараб кечӏ. Аманатлъун витӏулаго сордо рогьинегӏан Жамалудинги къвалакь ккун, ракӏ унтарай эбелалъ рикӏкӏарал «Дир берзул канлъи – мун, рекӏел кӏутӏи – мун, гӏумрудул магӏна – мун, чорхол рухӏги мун» абурал рагӏаби такрар гьарулаан гьес. Дневникалда бицунелда рекъон, гьесие анкьго сонцин тӏубан букӏун гьечӏо. Гьев августалъ вачуна аманатлъун, декабралда анкьго сонги тӏубала. Тарихчагӏазин абуни, гьев аманатлъун витӏидал ичӏго сон букӏанин абулеб буго.\nИнсулги васасулги бигьаяб гуреб гьоркьоблъи\n— Дуца хъвалеб буго Жамалудиние гӏагарлъиялъухъе тӏадвуссине бокьун букӏинчӏилан. Ва пачаяс гьев вас хӏисабалда хьихьун вукӏанилан. Гьедин хирияв вукӏун ватани, пачаяс Жамалудин гуржиязул асиразухъ хисиялъе гӏилла щиб?\n— Пачаясе гьев виччазе бокьун букӏинчӏо, амма витӏичӏогоги рес букӏинчӏо. Жамалудиница пачаясда гьикъана инсухъе тӏадвуссине жив разилъичӏони щиб дуца гьабизе букӏарабин абун. Гьес жаваб кьуна жинца армиялъул къуват цӏикӏкӏинабизе ва гьел асир гьаризе хӏаракат бахъизе букӏанин. Гуржиягун цадахълъугьунжидер армиялъ Дагъистаналдаги Чачаналдаги гӏемерал биял тӏезе рукӏанин абун. Гьеб кӏудияб тунка-гӏуси ккечӏого букӏине гӏоло вачӏана Жамалудинги инсухъе, Чачаналде.\nГьев вачӏиналъе кӏиабилеб гӏиллаги букӏана — жиндир хъизам хвасар гьабеян абун, гиназ Чавчавадзеца Жамалудинихъе кумек гьарун кагъат битӏун бачӏин. «Мун нахъе кьечӏони, дур инсуца жиндир хъизам наибзабазда гьоркьоб бикьула» абун хъван буго гьес Жамалудинихъе. Лъабго моцӏидаса тӏадвуссине вугилан гьалмагъзабаздаги Елизаветадаги абун ана гьев инсухъе.\nГьес инсуда абулеб букӏана рагъ теян: «Дур дол цере рукӏарал бахӏарчиял наибзабиги хвана. Гьанже тараз халкъ къварид гьабулебги буго. Наибзабаз рагъуеян абун магъало бахъулеб буго ва гьелдаса дагьабго рагъуеги тун хутӏараб жидерго царгъазухъе ккезабулеб буго. Халкъ бакъун ва унтун буго. Дуца пачаясда цере дурго тӏалабалги рихьизарун, рагъ къотӏизе те, эмен. Гьелдалъун мун бергьинеги вуго». Шамил разилъичӏо…\n— Жамалудинилги Шамилилги гьеб диалогалдалъун Шамилил къадру дагьаб гӏодобегӏан гьабулеб бугин кколеб гьечӏищ дуда?\n— Гьечӏо. Жиндир эмен гӏадав кӏудияв стратег къанагӏат гуроги гьечӏин дунялалдаян абулеб буго Жамалудиница. Ритӏухъав, вацӏцӏадав, лъикӏав гӏакълучи, лъицаго хӏурмат гьабулев цевехъан вугин жиндир эменин хъвалеб буго Жамалудиница.\nЖамалудиница абулеб буго жиндаги инсудаги гьоркьоб бугеб бичӏчӏунгутӏи нуцӏа тун къватӏибе босизе кколеб жо гьечӏин. Гьеб бугила инсулги васасулги иш. Хӏакъикъаталдаги гьедин жидедаго гьоркьоб тӏубан букӏинчӏебани, гьес инсул адаб тараб жоги гьабулеббукӏун батани, гьеб къватӏибе рагӏизеги лъазеги букӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ чияца бицинеги хӏажат гьечӏин хъвалеб буго Жамалудиница.\n— Дневникалдаса цӏалараб, драмаялъе босичӏеб лъугьа-бахъин хутӏанищ?\n— 1870 (71) соналда Александр II цадахъ гьесул вац гиназ Михаилги, Елизавета Оленинаги, Жамалудинил вац Мухӏамад-Шапигӏги Дагъистаналде рачӏун рукӏун руго. Гьел щун руго Гъунире. Мухӏамад-Шапигӏгун цадахъ Елизавета щун йиго Кӏаратӏе, Жамалудинил хабадеги. Гьеб дица цӏалана гьелъул дневникалдаса. Гьелъ гьениб бицунеб буго Болъихъ ругел хъулбузулги сверухълъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьелда божичӏого кин вукӏинев.\nЖамалудинил дневникги, букӏараб хӏалалда, гӏурус мацӏалда къватӏибе биччазе ракӏалда бугин бицана Хӏажи Сайпуевас. Доб мехалда гӏемер щолаан гьев пачалихъиял архивазде. Турциялдаса рачӏарал Гъазимухӏамадил кагътал руссинаризе таржамачиги вачӏунаан гьесие кумекалъе архивалде."}
{"slug": "22302-tiabigiatal-ul-bertsinl-iyal-ukh-bosuleb-giarats", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22302-tiabigiatal-ul-bertsinl-iyal-ukh-bosuleb-giarats", "title": "Тӏабигӏаталъул берцинлъиялъухъ босулеб гӏарац", "date": "2023-03-20 14:21:40", "categories": ["tab"], "text": "Туристазул сезон байбихьилалде цебе ДРялъул хӏукуматалъ лъазабуна пачалихъалъ цӏунизе тӏаде росарал тӏабигӏиял памятниказухъ, берцинал бакӏазухъ балагьизе рачӏунел туристазухъа гӏарац босизе кколин абун. 2023 соналъул 20 февралалда республикаялъул хӏукуматалъ хӏадур гьабураб сияхӏалда бихьизабун буго пачалихъалъ цӏунизе кколин рихьизарурал тӏабигӏиял бакӏазул ичӏгояб. Гьел ккола «Тӏасияб Гъуниб», «Хунзахъ», «Ицари», «Къорода» ва «Салтӏа» къварилъаби, Ханаг ва Чвахило абулел чвахукьбакӏал, Мочӏохъ хӏор ва «Алмахъ» къварилъи. Гьел росабазул гӏадамазухъа ва гьел бакӏазда хӏалтӏулезухъа хутӏун, хутӏаразухъа, ай гьалбадерихъа, рукӏа гьел нилъергоял яги къватӏиса рачӏарал, босизе буго нус-нус гъурущ.\nГьеб лъазабиялъ ахӏи-хӏур бахъинабуна социалиял гьиназда, разилъи гьечӏолъи загьир гьабуна туристал къабул гьаризе хӏадурулел ругез. Лъил чвантинибе унеб яги сундуе хӏалтӏизабизесеб гӏарац гьебилан, суалал руго гьез рорхулел.\nГьеб суалалда тӏасан жиндирго пикру загьир гьабулаго гьадин бицана Хунзахъ районалъул Мочӏохъ росулъа Мухӏамадхӏабиб Халилбеговас:\n— Дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда, Тӏабигӏат цӏуниялъул ва экологиялъул министерствоялда, тӏобитӏана данделъи. Гьенире ахӏун рукӏана туристазухъа нус-нус гъурущ бакӏаризе бихьизабурал тӏабигӏиял памятникал ругел росабазул бегавулзаби, гьезул заместителал ва цогидалги. Амма гӏемерисез гьеб суал къабул гьабун гьечӏо. Масала, нижер росдал бегавул Мирзоев Ахӏмадица чӏванкъотӏун цӏехон буго сундухъ гьеб гӏарац бакӏарулеб бугебилан.\nНижер росдал гӏадамаз, цо гъурущцин хӏукуматалдаса тӏалабги гьабичӏого, гӏуцӏун руго туристазе шартӏал — кьищни балел къалал, чӏезабун буго гьеб баччизе хасаб машина. Бачун буго лъим, ток. Бан буго какал разе бакӏ, туалетал ва хадурккунги гьел шартӏал дагьалги лъикӏлъизариялда тӏад хӏалтӏулелги руго. Мочӏохъ хӏор гьеб идараялда ракӏалде щвана гӏицӏго гьенире, нижер квербакъиялдалъун, туристал рачӏине лъугьараб мехалда. Киб букӏараб министерство гьениб форель ччугӏа тӏубанго хвезабураб мехалъ, хӏор жаниб херги бижун хьуцӏиде буссиндал?\nГьеб киналъулго ургъел гьабуна нижецаго. Нижерго къуваталдалъун биччана хӏоринибе сазань, толстолобик, хъахӏаб амур. Хӏор лъугьаралдаса нахъе нижер росдал цӏалдохъабаз ихдалги хаслихъеги бакӏарана хӏор сверухъа рищни-къул. Ниж разиял гьечӏо нижехъе рачӏунел гьалбадерихъа гӏарац бакӏаризе. Гьеб буго нижер умумузул ракь. Хӏоралда гъоркье ана 2000 гектар ракьалъул. Гьелдаго гъорлъ 15-20 гектар пихъ кьолел ахазулги. Амма хӏукуматалдаса нижее цо гъурущ рецӏелалъул щвечӏо.\nЦо-цо информациялъулал алатазда хъвалеб буго 2022 соналъул сентябралда РФялъул Пачалихъалъул Думаялъ гьоркьоб лъун букӏараб бакӏалъулал идарабаз щивав туристасухъа нус-нус гъурущ бакӏаризе ихтияр кьолин абураб законалъул проект нахъчӏван бугилан. Гьелъул мухӏканлъи дагьаб нахъа лъазе буго.\nЩвараб гӏарац гьеб бакӏалдаго харж гьабила\nТуристазухъа бакӏаризесеб гӏарац сундуе харж гьабизе бугеб, лъил чвантинибе гьеб ине бугебали лъазелъун, нижеца бухьен ккуна ДРялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул ва экологиялъул министерствоялъулгун.\n— Гьеб гӏарац босизе бихьизабурал бакӏазда лъезе руго кассалъулал аппаратал. Гьезул жаваб кьезе буго пачалихъалъ цӏунизе тӏаде росарал тӏабигӏиял памятниказул дирекциялъ (ГБУ). Гьениса щвараб гӏарац хӏалтӏизабизе буго гьел бакӏазул сверухълъи къачӏаялда тӏад, беседкаби, скамейкаби лъезе, ккаралъуб гӏурччинлъи, тӏегь-хер чӏезе. Гьел бакӏал сверун къаялъе, канлъи чӏезабиялъе, рищни-къул балел бакӏал гьаризе, машинаби лъезе санагӏалъаби гьариялъе ва гьеб гуребги хӏажатабщиналда тӏад хвезабизе буго гӏарац, — ан бицана рехсараб министерствоялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Разибике Хӏажиевалъ."}
{"slug": "22303-gidazulgi-galbaderilgi-khiak-al-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22303-gidazulgi-galbaderilgi-khiak-al-ul", "title": "Гидазулги гьалбадерилги хӏакъалъулъ", "date": "2023-03-20 14:46:09", "categories": ["obshestvo"], "text": "Гьалбал цӏикӏкӏунел руго\nБерцинаб тӏабигӏатги лъагӏалил бокьараб заманалда гьалбал къабул гьаризе рекъараб гьава-бакъ букӏиналъги соналдаса соналде цӏикӏкӏунел руго Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадар.\n2021 соналде дандеккун, гъоркьиса нилъер республикаялде рачӏарал гьалбадерил къадар цӏикӏкӏана 43 проценталъ. Масала, 2022 соналда 1,5 миллионалдаса цӏикӏкӏун чи вачӏана Дагъистаналде. Исана гьезул къадар жеги цӏикӏкӏине рес буго.\nАраб анкьалда Сбербанкалъ тӏобитӏараб цӏех-рехалда рекъон, СКФОялъул регионазда гьоркьоб туристазе бищунго хираго чӏолеб буго нилъер республикаялде сапар гьаби. Масала, 2022 соналда Дагъистаналда цо сордо-къо барав туристас харж гьабун буго 5554 гъурущ. 2021 соналдайин абуни — 2350 гъурущ. 2019 соналда — 1400 гъурущ.\nДагъистаналда туризм цебетӏунин абизе бегьула, аслияб куцалда, гӏадатиял гӏадамазул ва цо-цо турфирмабазул жигаралдалъун. Маршруталги, туристал рачине бакӏалги, гьезие санагӏалъаби чӏезариги гьез жидехъаго бажарухъе цебетӏезабуна.\nДагьал церегӏан соназдаги гидалги турфирмабиги цӏакъго дагьаб къадаралда рукӏун ратани, гьанже гьезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго. Цӏикӏкӏунел руго росабалъгун районазда ругел гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал, щолеб хайир.\n«Краеведал руго бищун лъикӏал гидал»\nДагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовасги «чӏагояб эфиралъул» заманалда борхун букӏана республикаялда гидал хӏадур гьаризе ва мугӏрузул районазда туризм цебетӏезабизе ккеялъул суалал.\nАслияб куцалда туристал Дагъистаналде рачӏинариялъе хӏалтӏи гьабурав чи вугин абизе бегьула «Тур в Дагестан» турфирмаялъул хважаин, гӏагараб ракьалъухъги ватӏаналъухъги рокьи ккарав Муртазагӏали Мухӏамадов.\nДагъистаналда туризм цебетӏезелъун щиб гьабизе кколеб? Гидал кин хӏадур гьарилел? Гьел ва цогидалги суалазе жаваб кьолаго гьадин бицана гьес «Хӏакъикъаталъе»:\n— Дагъистаналда профессионалиял гидал цӏакъ дагь руго. Ругезул цо-цоял ккола аттестация гьабурал, цогидал — туризмалъул школал, академиял лъугӏарал. Гьел школал лъугӏаразулги халгьабизелъун аттестация гьабула ДРялъул Туризмалъул ва халкъияб художествиял промыслазул министерствоялъ. Гьез цере лъолел тӏалабазухъ балагьидал, бихьулеб буго гьел цо ккурал гьечӏеблъи. Рукӏине ккола рихьизарурал стандарталги гьезда рекъон гьабулеб хӏалтӏиги. Гьеб данделъиялда нижеца гьелъулги бицана, гӏемерисез гьелъул рахъги ккуна.\nМагӏарухъ ругел росабазул школазул учительзаби, жидерго ракь бокьулел, гьелъул тарих лъалел гӏадамал, аттестация гьабичӏонигицин гьеб ишалде гъорлъе цӏазе бегьула. Щайгурелъул гьезда жидерго ракьалъул тарихгун рукӏа-рахъин лъикӏ лъала. Гьеб гуребги гьезул буго педагогикияб лъайги. Гьединал гӏадамазе квалквалал гьаричӏого, гьезул гъира баледухъ хӏалтӏизе риччан тезе ккола. Щибаб къойил лъималазе тарбияги лъайги кьолел гӏадамаз, тӏаде рачӏарал гьалбадерие жидерго росу-ракьалъулищ цо къоялъ бицине бегьулареб? Гьез дагьабги берцинго, гъира баледухъ, гӏенеккизе бокьуледухъ бицуна тарихалъул, ай бокьарав гидасдасаги лъикӏ.\nЯнваралъул ахиралда Сергей Меликовасулгун букӏараб «чӏагояб эфиралдаги» борхун букӏана тӏадеги лъай кьей камил гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ суал. Лъикӏ букӏинаан, масала, Гъуниб рагьизе туризмалъулаб цо школа. Биччанте гьеб букӏине Махӏачхъалаялда бугеб Россиялъул пачалихъияб туризмалъул ва сервисалъул школалъул филиаллъун. Гьез хӏадуризе бегьула экскурсоводал, гидал, проводникал, отелазда, гостиницабазда хӏалтӏулел гӏадамал.\nГьединаб школалда аттестация гьабизе бегьула учительзаби-краеведазулги, хӏадур гьаризе бегьула гидалгун экскурсоводалги. Гьенире рачӏине бегьула аскӏор ругел районаздаса цӏализеги туристалгун хӏалтӏизеги бокьарал, гьабсагӏат туристалгун хӏалтӏулел ругелги. Гьеб кинабго гьабизе ккани, къваригӏуна кумекги кверчӏвайги.\nРалъдал рагӏалде инеги, гӏаздада хъещтӏезеги, цӏер чӏвараб хӏорихъе щвезеги, тарихиялгун тӏабигӏиял памятникал рихьизеги, республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏунеб буго соналдаса соналде. Чанго соналъ цебегицин туристал рихьидал гьезухъ гӏажаибго ралагьулел рукӏун ратани, гьанже киналго ругьунлъун руго. Гьединго къанагӏат гурони телевизоралдасанцин бихьизабулеб букӏинчӏеб Дагъистаналъул хӏакъалъулъ, гьанже щибаб анкьалъ гӏадин батӏи-батӏиял телеканалаздасан бицунебги бихьизабулебги буго. Бихьизеги гьабула гьалбал хириял, тӏабигӏат берцинаб, гӏемер миллатазулаб республика хӏисабалда."}
{"slug": "22471-millionaldasagi-tsiikikiun-dokument", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22471-millionaldasagi-tsiikikiun-dokument", "title": "Миллионалдасаги цӏикӏкӏун документ", "date": "2023-03-30 07:29:17", "categories": ["rel"], "text": "29 марталда «Дагестанская правда» газеталда тӏобитӏана республикаялъул пачалихъияб архивалъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ журналистазе бицана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцевас.\nГьесул рагӏабаз рекъон, пачалихъияб централияб архивалда (ЦГП) цӏунун буго миллионалдасаги цӏикӏкӏун документ. Архивалъул нухмалъиялда ракӏалда буго гьел киналго документазе оцифровка гьабизе. Киназдаго рихьизаризе бегьулел документал лъезе руго интернеталдаги. Гьелъие гӏоло интернет-сурсаталда гӏуцӏизе буго пачалихъияб централияб архивалъул электронияб цӏалул зал.\n1990-абилел соназда гӏемерисел идараби къана. Цо-цояз документал архивалдего кьечӏо. Гьеб заманалда къарал идарабазда хӏалтӏулел рукӏарал гӏадамазда, стаж чӏезабулаго яги кинаб бугониги документ балагьулаго гӏемерал захӏмалъаби дандчӏвалел руго.\nЩибаб муниципалитеталъул архив\nХӏалтӏулел рукӏараб бакӏалдаса справка хӏажалъун, гӏемер рекерахъдизе ккола хасго пенсиялъул ригьалда ругел гӏадамал. Хӏажатаб документ щвезе ккани, киве ине кколев магӏарухъ гӏумру гьабун вугев гӏадатияв пенсионер? Кинаб хӏалалда бугеб доб заманалъул архив? Гьел суалазе жавабал кьолаго, гьадин бицана С. Караченцевас:\n— Пачалихъияб централияб архивалъул сайталде гӏарзаги хъван яги почалдасан битӏун бегьула архивалдаса хӏажатаб справка тӏалаб гьабизе. Амма хӏалтӏул стаж лъазе къваригӏун справка цӏехолеб батани, гьеб щола гӏицӏго гьев чи хӏалтӏулев вукӏараб муниципалитеталдаса. Пачалихъияб централияб архивалде рачӏун рукӏана гӏицӏго Махӏачхъалаялда хӏалтӏулел рукӏарал идарабазул документал. Щибаб районалда буго жиндирго муниципалияб архив. Щибаб администрациялъ жидерго архивалда цӏунун рукӏуна бакӏалъулал гӏуцӏабазул документал. Хӏажатал справкабазда хадурги муниципалиял архивазде ине ккола. Щибаб архивалъул букӏине ккола жидерго сайтги, справка хӏажалъарав чияс хитӏаб гьабизе бегьулеб.\nГьабсагӏаталда муниципалиял архивал ккола документал цӏунараб ва цо специалистасде кинабго жавабчилъи тӏаде бегизабураб бакӏ. Электронияб къагӏидаялдеги гьел руссинарун гьечӏо. Цин централияб архивалда ругел документал росизе ккола электронияб къагӏидаялде, хадуб муниципалияздеги ирга щвела.\nЦГПялъул ва муниципалиял гӏуцӏабазда ругелги малъун, жакъа республикаялъул архивазда хӏалтӏулев вуго 158 хӏалтӏухъан. Гьез гьабизе кколеб хӏалтӏийин абуни буго цӏакъго гӏемераб. Архивалъул хӏалтӏухъаби хӏадур гьарулел цӏалул идарабиги гьечӏо Дагъистаналда. Гӏолилазеги бокьулеб гьечӏо чӏамучӏаб гьеб хӏалтӏи.\nПАТӏИМАТ СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "22508-asartsin-bukiinchio-chiamuchil-iyal-ul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22508-asartsin-bukiinchio-chiamuchil-iyal-ul", "title": "Асарцин букӏинчӏо чӏамучӏлъиялъул", "date": "2023-03-31 15:47:30", "categories": ["lit"], "text": "Рохалил ракӏалги цӏун руссана магӏарулал 20 марталъул къаси Авар театралъ бихьизабураб, бетӏерав режиссер Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас лъураб, «Саба Меседо» трагедиялъул премьераялдаса.\nАвар театралъул зал цӏурал спектаклялги гӏезегӏан рихьана, актеразул гьунар бихьун хъат чӏвалезулъги чанги йикӏана, амма гьеб сордоялъ букӏараб гӏадаб багъа-бачари ракӏалда гьечӏо.\nПремьераялда байбихьудаса ахиралде щвезегӏан тӏаде рахъинчӏого залалда рукӏана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаеваги, республикаялъул миллиял театразул нухмалъулелги. Балагьизе рачӏаразулъ гӏезегӏан халлъана батӏи-батӏияб миллаталъул гӏадамал, (актеразул калам магӏарулалдаса гӏурус мацӏалде буссинабун рагӏизабулел аппаратал руго театралъул). Хӏалтӏул анкьил байбихьи бугониги шагьараздаса гурелги магӏарухъаги вачӏун вукӏана гӏемерав чи. «Магӏарулазе Авар театралъул гӏатӏилъи гӏезехъин гьечӏо, цӏияб, жеги кӏудияб мина базе ккола», — ян махсаро гьабулеб букӏана, гӏодорчӏезе бакӏал щвечӏого балъабазда кӏусарал гӏадамаз.\nЩай нилъее Гӏабасил Махӏамадил гьеб пьеса цӏидасанги сценаялда чӏаголъизабиялъул гьедигӏанго кӏвар бугеб, гьеб бихьилалдего щайха васвасаз ракӏ басараб? Магӏарулазе кӏвар бугел лъугьа-бахъиназдаса махӏрумлъараб гьаб заманалъул рухӏияб тӏалабги, тӏадегӏанаб даражаялда гьеб асар бихьизе бугеб хьулалъ ратила цереккунго суалал рижаралги.\nВас гьавидал рахьи бала\nТеатралияб махщалил тӏалъи босарав, магӏарулазул ракӏазулъ рукъ ккурав Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас Гӏабасил Махӏамадил драматургиялъул рахъалъ хъван нахъе тарал пикраби цӏидасанги ракӏалде щвезаризин: «Бугӏуд ккараб буртинаялъ цӏад жанибе биччаларо. Драматургиялъе хехлъиги кӏухӏаллъиги — кӏиябго тушман ккола, гьелъие чара гьечӏеб жо буго гвангъарал пикрабиги, рагӏабазул къокълъиги, магӏнаялъул гъварилъиги. Гьеб киналъго гугьар базабун букӏуна Гӏабасил Махӏамадил драмаялъул асаразда. Гьелъин гьел, режиссерас постановка гӏуцӏизеги, артистазе хӏазеги, балагьаразе ричӏчӏизеги бигьаял рукӏунел ва халатаб гӏумруялъ сценаялда хутӏулел. Авторас кӏудияб махщалида, рагӏа-ракьанде ваккун, хӏакъикъиябщинаб къалмикье бачун, поэтасул гӏакъиллъиги пасихӏлъиги жиндирго рекӏелъ бессун хъвана «Хъахӏаб росулъа Махӏмуд», «Камалил Башир», Саба Меседо». Гӏащикълъи, берцинлъи ва согӏлъи — гьеб букӏана лъабабго пьесаялъул аслияб магӏна. Вас гьавидал магӏарулаз рахьи бала гӏумру халатав ватагиян. Гӏумру халатал васал ратана Гӏабасил Махӏамадил «Хъахӏаб росулъа Махӏмудги», «Камалил Баширги». «Саба Меседойин» абуни ханас хеккого «Гӏакаро» мугӏрул тӏогьий гӏунун хвезаюна. Амма гьейги гӏумру халатай йикӏине йиго, иншаллагь».\nГьанже гӏадал ресал рукӏинчӏо цере\nТӏоцебе лъураб «Саба Меседо» халат бахъун хутӏичӏо сценаялда. Щайдай гьелъул гӏумру додигӏан къокълъарабин кьураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабуна, цебесеб постановкаялда Баланурил роль хӏарав, нилъее къиматав Хӏусен Казиевасе.\n— Зайнаб Хӏамзатовалъ – Сабал, дица — Баланурил образал рихьизаруна доб мехалъ, — ин ракӏалде щвезабуна Хӏусеница. — Щаялиго, советияб заманалъул зрителас гӏемер гъираялда къабул гьабичӏо цебесеб «Саба Меседо». Гӏабасилас гьанжего гьанже хъвараб цӏияб пьесаги букӏана гьеб. Нилъерго хъвадарухъабазул асар сценаялда лъолелъул живго автор вукӏунаан залалда гӏодов чӏун, жидер бихьиялда рекъон щибго хис-бас гьабизеги режиссерасул изну букӏунароан. Гьанже гӏадин лъикӏал декорациял, бечедаб ретӏа-къаялъе ресалги рукӏунароан. Ракӏчӏун абизе кӏоларо гьелъул гӏумру къокълъиялъе гӏилла. Гьанжесала Сурхатиловас лъураб постановка балагьулез цӏакъ лъикӏ къабул гьабунин бицана дида. Дун гьелдаса вохаравги вуго, нижехъе вачӏарав чи разиго нахъе ин, цӏидасан тӏадвуссине гъира бижи — гьеб буго театралъул мурад. Цоги, лъикӏаб хӏужжа буго театралияб искусствоялъул къимат лъалев, адабият, тарих бичӏчӏулев чи нижер директор вукӏин. Гурони, гьедин сахаватго сурсатал риччалароан. Щаклъи гьечӏого абила дица, Бисавгӏалиев вугин театралъе бетӏерлъи гьабизе гуребги художествияб нухмалъиги гьабизе бичӏчӏи бугев чи. Магӏарулазул къимат борхулел, къадру батулел постановкаби рукӏине ккола сценаялда.\nХӏикматаб бакъан кинигин чваххулеб магӏарул мацӏ\nДагъистаналъул Поэзиялъул театралъул бетӏерай режиссер, махщалил хӏалбихьиялъе байбихьи Авар театралъул сценаялда лъурай, Изумруд Гӏалиева республикаялъул театралияб гӏумруялда жаний йиго 35 соналъ. Гӏадатияй балагьулей хӏисабалда «Саба Меседоялъ» жиндиего гьабураб асаралъул бицана гьелъ нижер гьариялда рекъон:\n— Къокъго абуни, спектакль лъугьана. Цебегоялдаса нахъе бихьичӏо Авар театралъул сценаялда гьедин бечедал декорациялги актеразул ретӏа-къайги. Сундаго барахщичӏого сурсатал риччан рукӏин бихьулеб буго. Гьеб рахъги цӏакъ къабуллъула балагьаразе. Кӏиабизе, битӏараб бицани, дир жанисеб хӏинкъи букӏана гьеб щвалде щун балагьулезухъе кьезе бажаричӏого букӏинадаян. Щайгурелъул, жибго пьеса буго жакъа сценаялда лъезе бигьаяб гуреб, цӏакъго некӏсияб темаялъул. Байбихьудаса ахиралде щвезегӏан дирго кинабгӏаги асар букӏинчӏо чӏамучӏлъиялъул, актеразул махщалил даража гӏейгьечӏеб бугин абураб пикруги бижичӏо. Цӏакъго бокьана, хӏикматаб бакъан кинигин рекӏелъе чваххулеб магӏарул мацӏалъул гугьар — тӏад квартӏа кӏутӏизе бакӏ гьечӏеб, Гӏабасил Махӏамадил пасихӏлъи. Иргадулаб нухалъ рохел кьуна гӏолохъанав актер Ибрагьим Муртазагӏалиевасул хӏаялъ. Жинца бихьизабулеб образалъул сурат бахъун балагьаразул рекӏелъ лъун бажарулеб гьунар буго гьесул. Спектаклялда гӏахьаллъарал цогидал актералги цӏакъ махщалида хӏалтӏана. Гӏамгьабун абуни, цӏакъ лъикӏаб, кӏудияб иш гьабуна Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас. Ракӏчӏун жиндир бохдузда щулаго эхетараб, гӏумру халатаб спектаклъун «Саба Меседо» лъугьиналда божана дун. Театралияб искусствоялъул махщелчӏужу хӏисабалда цо-цо, гӏиси-бикъинал ругониги, васвасалги суалалги камилищха, вукӏанадай Булач гъодигӏан квешав, бегьилаандай ханзабазулъ къавулъ йигей кьурдухъан-гъаравашалъ, жиндирго инжитлъиялъул гъодин рагьун бицине. Актеразул махщалилъ букӏуна лъикӏасулъ квешаб рахъ, квешасулъ лъикӏаб батизе кколин абиги.\nКӏийиде бикьараб ракӏгун щвана театралде\n«Саба Меседо» Авар театралъ лъолеб бугин рагӏаралдаса нахъе щавкъ ккун премьераялда данде балагьаразул цояв, нижер махщелцояв Ашахан Юсуповасги загьир гьаруна гьадинал пикраби: «Бахчиларо, премьераялде унеб мехалъ дир жанисеб рахӏатхвейги камун букӏинчӏо. Кӏвеладай театралъул жакъасел гӏолохъанал артистазда Гӏабасиласул бергьараб асаралъул аслияб кьучӏги, гьелъул гъварилъигун камиллъиги халкъалъухъе кьезейин. Щаийн абуни, бигьаяб масъала гуро гьеб, анцӏила щуабилеб гӏасруялъул ахиралдаго, хунздерил тӏалъиялда ккараб тарихалде араб лъугьа-бахъиналъул тӏолабго трагизм жакъа цебечӏезабизе.\nГьединал щакдарабаз кӏийиде бикьизабун ракӏгун щвана дун театралде, амма спектакль байбихьун арал тӏоцересел минутазго дир рукӏарал щакдараби риххизаруна. Кӏиго сагӏаталъ сценаялда лъугьунеб-толелъ асир гьавуна дунги цогидалги.\nИскусствоялъул борхалъиялъги, актеразул гьунаралъги гьеб сордоялъ чӏел босана. Цӏакъ кутакалда рекӏее гӏунаа Баланурил роль хӏарав Авар театралъул гьунар тӏокӏав артист Ибрагьим Муртазагӏалиев. Саба Меседол роль хӏарай Амина Гӏабдулатӏиповалъги асир гьаруна магӏарулазул ракӏал. Цӏар-цӏарккун рехсечӏониги, киналго актераздаса разиго букӏана зал».\nЛъикӏаб кьучӏалъул мина камиллъизе сверухъ лъугьун бекӏкӏулел, къачӏалел чӏоларо нилъ, гьелъухъего гӏиси-бикъинал гӏунгутӏаби камун ратиларо хъирщани. Гьеб рахъалъ суалалгун жавабал кьезе бакӏ тарихчагӏазе ва театралиял критиказе тела. Аслияблъун бихьана тӏаде рахъун, халатккун заманалъ, халкъалъ чӏвараб хъат. Гьеб батила, гӏицӏго актеразегун режиссерасе гуребги, магӏарул къвакӏиялъе, яхӏалъе, пасихӏлъиялъе ва гьунаралъе кьолеб баркала.\nПремьера букӏуна зрителасда цебе тӏоцебесеб экзамен гӏадаб жо, гьеб хӏалбихьи бергьенлъиялда борхана «Саба Меседоялъ»."}
{"slug": "22571-mun-zhegi-tiogol-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22571-mun-zhegi-tiogol-bugo", "title": "Мун жеги тӏогьолъ буго", "date": "2023-04-05 09:12:23", "categories": ["kaziyat"], "text": "Мискинхалкъалъул цевехъан Унсоколоса Махӏачица кьучӏ лъураб нилъер миллияб басма – «Хӏакъикъат» 106 сонил ригьалде бахана.\nЛъаларо, гьеб дагьищ яги гӏемерищали.\nАмма Дагъистаналда бищун кӏудияб миллаталъул казият гьелъул аслияб басмалъун жеги-жеги хутӏизе бокьун бугони, гьеб жеги тӏогьол гӏужалдаго бугин ракӏалде ккезе бокьилаан. Басмаялда кьабурал газетазе къор ахирги интернеталъ гъолин абурал хӏинкъабиги лъугӏулелго гьечӏелъулха. Балагьила, бихьила…\nТӏоцебесеб нилъер казият — «Заман» — къватӏибе бачӏана ТемирХан-Шураялда, 1917 соналъул 3 апрелалда.\nДида тӏоцебе гьеб бихьизабуна ДГУялда цӏалулеб мехалда нижер преподаватель, журналист-фронтовик Мухӏамад Бутаевас.\nЗаманалъ тӏогьиллъараб кӏиго тӏамач цо къиматаб жавгьар гӏадин бачӏун букӏана гьес дарсиде. Бихьуларищин гьалщинал соназ жинца нужер тарих цӏунун бугеб куцилан, вохуца холаго бицунаан мунагьал чурадица.\n«Заманалъул» тӏоцебесеб номер Бутаевасесайгъат гьабун бугоан Гьамущиса хъвадарухъан, журналист Асадула Мухӏамаевас.\nГьелдаса чанго соналдасан «Хӏакъикъаталъул» редакциялде- ги вачӏун, жиндир гӏумрудул къо- ял ахиралде щолел рукӏин лъараб кинигин, Мухӏамадица гьеб ка- зият Гӏали Камаловасухъе кьуна цӏунизе. Къокъабго заманалдасан Аллагьасул къадаралде щвана ни- жер преподавательги… Палхӏасил, гӏасруялдаса цӏикӏкӏун соналда жаниб 12 цӏарги хисун, лъабго батӏияб алфавиталда (гӏажам, латин, кириллица) магӏарулазе харбалги рицун, пачалихъалъул чанго батӏияб гӏуцӏиги бихьун, нилъехъе щвана гьаб казият.\nГьелъул нусгосонилаб тарих жанибе бачараб «Заманалъул матӏу» абураб тӏехь биччана чанго соналъ цебе Пайзула Пайзулаевас. «Хӏакъикъат» газеталъ гьеб бихьизабун буго ДРялъул Пачалихъияб Премиялъеги. Гьелъие хӏукму къотӏизе тӏаса рищарал комиссиялъул чагӏазда гьеб тӏехь лъикӏаб бералъ бихьани, миллияб газеталъе гуребги, тӏолабго миллаталъего гьабураб сайгъатлъун рикӏкӏинаан гьеб. Гьединаб тарих бихьизабураб тӏехь Дагъистаналъул цониги миллияб газеталъул гьечӏо.\nГьединго магӏарул газета киналго миллиял газетаздаса кӏудияблъунги ккола. Масала, гьал къоязда «Дагестанская правда» газеталъул коллективалъ кӏодо гьабуна гьелъие кьучӏ лъуралдаса 105 сон тӏубай. Гьелда бан гӏагараб газеталъе гьарула, къисматалъул нухда дандчӏвалел къварилъабазеги къуркьичӏого, бихьинчи гӏадин цебехун ине.\nЦоги нусго сон балеб къоги лъикӏ бихьизе хъван батаги!\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "22572-chivan-khvejgi-giid-bugo-giolokh-abaze-gialam-bakhilab-tsiar-nakh-e-bugoni", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22572-chivan-khvejgi-giid-bugo-giolokh-abaze-gialam-bakhilab-tsiar-nakh-e-bugoni", "title": "Чӏван хвейги гӏид буго гӏолохъабазе, гӏалам бахилаб цӏар нахъе бугони…", "date": "2023-04-05 09:24:15", "categories": ["insan"], "text": "Исана 3 апрелалда 70 сон тӏубалаан хӏал алжаналда батаяв гьайбатав инсан, гьунар бугев тохтур, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, унго-унгояв магӏарулав Шамил районалъул Бакълъухъа Сулейманов Мухӏамад гьавуралдаса. Гьев нилъедаса ватӏалъаралдаса 31 сон баниги, гьев лъалев вукӏараз, гьесда цадахъ хӏалтӏараз жакъаги гӏемер бицуна Мухӏамадил гӏаданлъиялъулги, гӏадатлъиялъулги, гӏакълу-лъаялъулги бажариялъулги хӏакъалъулъ.\nДагъистаналъул пачалихъалъул медицинаялъул институт лъугӏун хадуса Мухӏамад 6 соналъ хӏалтӏана Калуга областалъул Медин шагьаралъул больницаялда. Дагъистаналде тӏадвуссиндал, 1981 соналдаса байбихьун хӏалтӏана «Талги» ва «Каспий» санаториязда, Махӏачхъалаялъул бакӏал ралел чагӏазул поликлиникаялда. 1986-1989 соназ Сулейманов хӏалтӏана ДАССРалъул сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул санитарияб лъай кьеялъул рукъалъул бетӏерав тохтурлъун. Кив хӏалтӏулев вугониги, Мухӏамадида сверун ракӏарулаан унтарал, гьесул рагӏиялъцин жал сах гьарулилан. Жиндихъе вачӏанщинав чиясда разияб гьимигун дандчӏвазе вахъунаан Мухӏамад, гӏажаибго унтарасул ракӏ батизабулеб рагӏи абизе лъалаан гьесда. Дарабаз гӏадин рагӏабазги гӏадан сах гьавизе кӏоларев чи тохтур кколарилан абулаан гьес.\n1989 соналъ конкурсалъул хӏасилалда Сулейманов тӏамуна Шималияб Кавказалда тӏоцебе Махӏачхъалаялда рагьараб Диагностикияб централъул бетӏерав тохтурлъун. Мухӏамадица цӏакъ жигар бахъана централъе доб мехалъ бищун цебе тӏураб унтаразул хал гьабулеб оборудование балагьизе ва гьелда хӏалтӏизе тохтурзаби ругьун гьаризе. Щивав унтарасда рекъараб рагӏи бицине ва гьезул зигара-гӏарзалъухъ кӏвар кьун гӏенеккизе ругьун гьарун рукӏана гьес диагностикияб централъул киналго хӏалтӏухъаби. Къокъаб заманалда жаниб гьесул жигаралдалъун Диагностикияб центр лъугьун букӏана Шималияб Кавказалдаго бищун церетӏурал медицинаялъул учреждениязул цояблъун.\nКидаго гӏадамазе кумекалъе хӏадурав тохтур, кидаго ракӏ разияв инсан Сулейманов Мухӏамад, ракьцояз божилъиги гьабун, 1990 соналъ Верховный Советалде депутатлъун вищана. Доб букӏана кӏудияб пачалихъги (СССР) бихх-биххун унеб, щибаб республикаялъухъе жиндирго законал рахъизеги букӏинисеб тӏасабищизеги ихияр кьураб заман. Тӏалабго улкаялда байбихьун букӏана пачалихъалъулаб буголъи бикь-бикьизе, хъулухъ-пишаялда вугевщинас халкъ бетӏергьанаб мал жидедего буссинабизе. Гьелдаса цӏакъ рази гьечӏого халкъги букӏана.\nДагъистаналъул парламенталда гӏелму-лъай бугел, хӏакъикъаталдаги республикаялъул букӏинеселъул ургъел батарал депутатаз «Цолъи» абураб цӏаралда гъоркь гӏуцӏун букӏана къокъа. Гьеб къокъаялъул церехъабазул цояв вукӏана гӏолохъанав депутат Сулейманов Мухӏамад. Верховный Советалъул щибаб данделъиялда гьев цеве вахъунаан халкъалъул мурад цӏунун, республикаялда ругел гӏунгутӏабазулги, Москваялдаса республикаялъе биччараб гӏарац харж гьабиялда хадуб хъаравуллъи кквезе хӏажат букӏиналъулги бицун кӏалъазе. Кидаго Мухӏамадица рорхулаан Дагъистан цебетӏеялъе кӏвар бугел, щивав дагъистаниясул рахӏат хвезабулел суалал. Гӏемераб мехалъ партиялъул хъулухъалда рукӏарал, советияб къагӏидаялъ хӏалтӏун ругьунал гӏадамазухъа цӏигьабун гӏуцӏиялъул заманалъ республика цебетӏезабулеб сиясат бачине бажаруларин, Дагъистаналъул хӏукумат миллаталъулги тухумчилъиялъулги лъа-хъваялъулги кьучӏалда гуреб, щивасул гӏакълу-лъаялда ва бажариялда рекъон цӏидасан бищизе кколин баян гьабулаан гьес. Халкъалъ жинде божилъи гьабулареб хӏукуматалъул хӏалтӏи рагӏалде бахъине рес гьечӏилан абулаан гьес. Хӏакъикъаталда гьедин букӏинеги букӏана. Гьеб букӏана дол соназ Дагъистаналъул къисматалъул пикру гьабулевщинав чияс рокъобги къватӏибги бицунеб хабар.\nДоб мехалъ Мухӏамадица бачунеб букӏана телевидениялда «Дагъистаналъул медицина» абураб передача. Гьев вукӏана Дагъистаналъул медицинаялъул бицунеб сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул казияталъул бетӏерав редакторлъун. Сулеймановасул кабинеталда чӏахӏахатӏалъ хъван букӏана «Щивас жиндилъго вугев лагъ вачахъе», — ян абураб ахӏи. Гьелъул магӏна букӏана нилъ киналго нилъер умумулъ гӏодосанго батараб узденлъиялде тӏадруссине ккей.\nРеспубликаялъул Диагностикияб централъул бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏулев вукӏаниги, Мухӏамадил хӏукуматалъ кьураб квартира гурони, щибго бечелъи букӏинчӏо. Гьев бечедав вукӏана гӏаданлъиялъул рахъалъ, махщел-лъаялъул рахъалъ, гьудул-гьалмагъзабазул рахъалъ. Мухӏамадил щибаб хӏалтӏул къо байбихьулаан жиндихъе рачӏарал гӏадамазул мурадал тӏураялдалъун. Тӏоцеве вихьулев чиясдаги гӏумруялъ лъалев чиясда гӏадин ракӏ рагьун кӏалъаан гьев. Жинда лъалел, лъаларелилан Мухӏамадица киданиги унтарал чагӏи ратӏа гьарулароан. Жиндирго машинаги бачун, унаан гьев унтаралгун цадахъ больницабазде, гьезул мурад тӏубан гурони, тӏадвуссунароан. Щивав унтарасул рекӏел пашманлъиги ургъелги гӏахьал гьабизеги, гьеб жиндаго тӏаде босизеги бажарулев, сахаватаб ракӏалъул инсан вукӏана гьев. Мухӏамадил гӏадат букӏана мискинав вугогӏан чиясде кумек гьабиялде цӏикӏун кӏвар кьолеб. Гьес абулаан бечедав чиясул тӏалаб гьабизе нусго чи вукӏуна, мискинав чиясул щивго вукӏунарилан.\nВерховный Советалъул депутатлъунги централъул бетӏерав тохтурлъунги вукӏаниги, жинца тохтурлъиялъул махщел хвезе толарилан абун, Мухӏамад ахираб къоялде щвезегӏан хьвадулаан республикаялъул хехаб кумекалъул (Скорый помощалъул) больницаялде сардил дежурство гьабизе. Жакъа, пикру гьабеха, Дагъистаналда цониги вугодай сардил дежурствабазде хьвадулев бетӏерав тохтур яги халкъияв депутат-тохтур? Дица бищун гӏажаиблъи гьабулеб букӏараб жо буго, дежурствоялдаса хадув радал микьгоялде хӏалтӏуде ине ретӏел хисизе вачӏунев Мухӏамадил рукъалъул подъездалда цебе кьер букӏунан магӏарухъа рачӏарал унтарал чагӏазул. Цин иргаялда гьезул къваригӏел тӏубан гурони, Мухӏамад жиндирго хӏалтӏуде унароаан. Гӏагараб росулъе вачӏанщинахъе гьев, росу сверун, херал, унтарал гӏадамазухъе ваккизе унаан, гьезие жиндирго гӏарцухъ росарал дараби рикьулаан.\nВерховный Советалъул сессияздаги, халкъиял депутатазул мажлисаздаги Сулейманов кидаго кӏалъалан сонисел тӏакъсирчагӏи тӏадегӏанал хъулухъазда теялда, тухумчилъиялда, Дагъистаналда гӏадат билълъараб хӏалалъ щивав хӏакимчияс ирсалъе лъималазухъе хъулухъал кьеялда данде. Гьес абулаан щивав хӏукуматалъул халтӏуда толев чи, гьесул бажариги лъайги хӏисабалде босун гурев, миллаталъухъ, тухумалъухъ, рищваталъухъ балагьун толев вугони, Дагъистан киданиги цебе тӏезе гьечӏилан. Ритӏухълъи цӏуниялъе гӏоло тавакалги тӏамун кӏалъазе цеве вахъунаан Мухӏамад. Кӏудиял хъулухъалги гьениса хъамизе щолеб гӏаммаб малги кодоса иналда хӏинкъарал цо-цо цӏогьолал хӏакимзабаз хӏаракат бахъулеб букӏана гӏолохъанал депутатал, цоязе хъулухъал кьун, цогидал хӏинкъизарун руцӏцӏун чӏезаризе. Верховный Советалъул председателасул заместителасул хъулухъ кьолеб букӏаниги, Мухӏамадица гьелдаса инкар гьабуна, милициялъ тӏаде гӏадамал риччалареб хӏалтӏи жиндие хӏажат гьечӏилан. Цинги зама-заманалдасан телефоналъ лъаларел номераздасан Мухӏамадихъе ахӏдезе байбихьана. «Битӏарабщинаб бицун дуе щай? Мун бищун гӏакъилавищ? Дуе вуцӏцӏун чӏани лъикӏаб букӏине буго», — ян. Чанцӏул ахӏаниги, мун бихьинчи ватани, дида аскӏове вачӏа кӏалъазеян жаваб кьун гурони, ритӏухълъи цӏуниялъе гӏоло таваккал тӏамурав Мухӏамадида щибго хӏинкъи-къай лъачӏо. Жидерго чвантилги чохьолги гурони ургъел гьечӏел, нахъегӏанал гъачагъазда ва гӏорцӏи гьечӏел цӏогьазда магӏарул бахӏарчиясул гьеб узденаб гӏамал хӏехьезе кӏвечӏо.\n1992 соналъул 13 февралалда къаси хӏалтӏудаса рокъове унев вукӏарав Мухӏамадил машинаялде, гъоркьчӏелги гьабун, нахъасан гулбузул цӏад базабуна рахчарал цӏукӏабаз. Гьедин шагьидлъана жеги гӏумруялъул 39 сон тӏубачӏев гӏолохъанав депутат, гӏумруялъулги махщел-лъаялъулги завалалда вугев тохтур Сулейманов Мухӏамад. Гьеб букӏана Дагъистаналда ккараб тӏоцебесеб чӏвай-хъвей. Хӏакъаб жо буго хӏинкъизавизе яги вичун восизе кӏваравани, гьев чӏвазе вукӏинчӏо. Дагъистаналъе, хасго магӏарул халкъалъе камуна намус бацӏцӏадав, лъай-гӏакълуги, бажариги, таваккалги бугев ритӏухъав цевехъан.\nСулейманов Мухӏамад шагьидлъун хадуса «Хӏакъикъат» казияталда къойилго гӏадин рахъулел рукӏана гьесда хадуб ракӏ унтарал магӏарул халкъалъул вакилзабаз хъварал нус-нус кагъталги шигӏрабиги. Сулемановасде кучӏдул хъвана машгьурал шагӏирзаби мунагьал чураял Мухӏамад Ахӏмадовас, Мухӏамад Гӏисаевас, Жабраил Хӏасановас, Гӏабдула Сулеймановас ва цогидазги. Жакъа къоялъги Сулеймановасул бицен гьабидал, додинав чи цоги вукӏунарилан бадиб магӏу ххулула гьесда цадахъ Диагностикияб централда хӏалтӏулел рукӏарал тохтурзабазулги хӏалтӏухъабазулги. Тохтурги депутатги кинав вукӏине кколевали мисалалъе вижарав гӏадав чи вукӏанилан абула ракьцояз гьесул хӏакъалъулъ. Сулейманов Мухӏамадил цӏар кьун буго Бакълъухъ росдал гьоркьохъеб школалъе. Къокъго абуни, Сулейманов Мухӏамадил бахӏарчилъиги, гьунарги таваккалги хадусел гӏелазе мисаллъун хутӏана. Ахиралда рехсезе бокьун буго доб мехалъ Мухӏамадил хӏакъалъулъ хъвараб кочӏол рагӏаби:\n«Мун гӏадав депутатги Дагъистаналъ вищичӏо,\nДунялалъул боцӏи кьун, цӏогьаз кверде восичӏев.\nВатӏаналъул цӏумазулъ цӏар рагӏарав бахӏарчи,\nХӏалихьалъи бергьана мун гьечӏеб шагьаралда…», — ян."}
{"slug": "22717-khiink-ize-kkarab-khial-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22717-khiink-ize-kkarab-khial-gechio", "title": "Хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо", "date": "2023-04-13 12:16:04", "categories": ["vakcina"], "text": "«Дагестанская правда» газеталъул редакциялда журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ ва Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул нухмалъулев Залимхан Гӏумариевас бицана месед унтиялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.\n— Исана 200-ялдаса цӏикӏкӏун чи унтун вуго рехсараб унтуца. Нижеца жиндир заманалда унти тӏатӏинабуна ва цогидазде бахинаредухъ, хӏалтӏи гьабуна. Гьабсагӏаталда хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо. Амма цӏодорлъи гьабизе ккола, — ян абуна З. Гӏумариевас.\nМесед унтудаса лъимал цӏуниялъе бищун лъикӏаб къагӏида вакцинация кколин баян гьабуна ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министралъги.\n— Гӏемерисеб мехалда месед унти бахуна лъималазде. Цо-цояз абула месед унти гьитӏинго бахани, лъимер бигьаго унтулин, кӏудиял гӏедал унтани, цӏакъ захӏмалъулин абун. Гьедин кӏвар кьечӏого унти тезе бегьуларо. Месед унтуца захӏматал, ай беццлъи, менингит, энцефалит гӏадал унтаби ккезарула, — ян бицана Т. Беляевалъ.\nМесед унтуде данде, календаралда рекъон, тӏоцебесеб прививка гьабула лъимадуе лъагӏел байдал, хадусеб — анлъго сон базегӏан. Ва гьеб гӏемерисезе гӏумруялъего гӏола. Республикаялда гьабулеб буго месед унтуде данде прививка. Министралъул рагӏабазда рекъон, месед унтуде данде гьабулеб вакцинаялъул сахлъиялъе хӏинкъиги гьечӏо. Полиомиелиталъул чӏагояб вакцина гӏадин, месед унтул вакцина чорхолъа къватӏибе кьоларо ва цогидал лъималазде гьеб бахунаро. Месед унтуде данде вакцина гьитӏинго гьабун букӏун батичӏони яги кӏочон тун батани, 55 сон базегӏан гьабизеги лъикӏаб бугин рикӏкӏунеб буго специалистаз\n— Месед унти цохӏо нилъер республикаялда гуро тӏибитӏун бугеб. Гьеб киса-кибего тӏибитӏун буго. Гӏилла — гӏемерисез вакцинациялдаса инкар гьаби ва къватӏисел улкабаздаса рачӏунел гӏадамаз гьеб «цадахъ босун» бачӏин, — ян бицана З. Гӏумариевас.\nГьес ракӏалде щвезабуна кӏиго моцӏалъ цебе республикаялда полиомиелиталде данде туровияб вакцинация гьабулеб мехалда букӏараб ахӏи-хӏур. Вакцинаялъ лъимадул чорхое зарал гьабулин абураб гьереси-хабар тӏибитӏизабун букӏиндалха.\n— Полиомиелиталде данде 390 000 (88 процент) лъимадуе прививка гьабуна. Кӏиабилеб турги гьабун лъугӏана. Кир ругел гьанже дол вакцинаялде данде чӏун рукӏарал гӏадамал? Вакцинаялдаса бахунеб (вакциноассоциированный) полиомиелиталъул цогӏаги лъугьа-бахъин щай гьез бихьизабулареб? Вакцина гьабурал лъималазул цонигияб унтичӏо. Гьаб нухалда месед унтуде данде гьабулеб прививкаялда сверухъ гьединал кьучӏ гьечӏел харбал раккиларин ва месед унтуде данде прививкаби кколеб къагӏидаялъ гьарилин хьул буго, — ян бицана Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул нухмалъулес.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "22803-rug-nada-chiorto-bukhun-chiakhiil-churpa-kvanaral-giidal-ul-k-o-tiade-giuntiulago-umumulgi-rakialde-shchun-rekiel-e-l-ugaral-pikrabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22803-rug-nada-chiorto-bukhun-chiakhiil-churpa-kvanaral-giidal-ul-k-o-tiade-giuntiulago-umumulgi-rakialde-shchun-rekiel-e-l-ugaral-pikrabi", "title": "Ругънада чӏорто бухьун, чӏахӏил чурпа кванарал…", "date": "2023-04-18 09:43:32", "categories": ["obshestvo"], "text": "(Гӏидалъул къо тӏаде гӏунтӏулаго, умумулги ракӏалде щун, рекӏелъе лъугьарал пикраби)\nАссаламу гӏалайкум, хӏурматиял «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулзаби. Бихьиналги руччабиги. Гӏисиналги хералги. Гӏатӏиракьалда ругелги, магӏарухъ яшав гӏуцӏулелги. Ракӏ-ракӏалъулаб салам буго нужеде редакциялъул рахъалдаса. Гьалеха ахиралде щолеб буго исанасебги рамазан моцӏ. Бицун бажаруларебгӏан гӏемер баракатги, рахӏматги, рохелги, лъикӏлъиги, гьарзалъиги, берцинлъиги жаниб бугеб исламалъул анцӏабилеб моцӏалъ къо-лъикӏ гьабулеб буго нилъергун. Нилъ киналго ралагьун чӏун рукӏуна аб тӏаде щвеялъухъ. Рохунги рукӏуна. Кӏалалги ккола. Радакьги рахъуна, ракъи-къечалъухъ балагьичӏого, нилъерго ругьунабго пишаялде руссунги рукӏуна. Маркӏачӏудехун тӏагӏамаб квен-тӏех хӏадурулел, цоцазухъе гьоболлъухъе хьвадулел, рохелги ракӏгъейги гӏахьал гьабулел рукӏуна тӏубараб моцӏалъ. Сухӏурги, ифтарги, таравихӏазул какалги, «кӏалбиччазе къаси нижехъе ракке» абун цоцазухъе ритӏулел ругьалабиги. Маркӏачӏул гӏужалдехун шагьаралъул бищун гӏемерал гӏадамал рукӏунеб гӏадаб, машинаби гӏемераб мухъалда чамасдакги лъимги бикьулел гӏисинал гӏолохъаби, маркӏачӏул как ахӏулев будунасул гьаркьиде машгъуллъун сасараб шагьар, сверухълъи. Ракӏалги гӏажиз гьарун, какие жаваб гьабулел нилъги. Магӏарухъги гьебго сурат… Богорокъосан бежулеб, белъунеб кванил тӏагӏамаб махӏ. Бицун бажарулареб, кагътиде бикьун бахъунареб хӏалкӏояб асар. Сундухъ кьелеб гьеб кинабго? Гьединаб сагьвиллъиялъ асир гьарун, ракӏги гъун, чурхдулги ракӏалги рацӏцӏад гьаризе хӏаракат бахъулел, гӏибадаталде руссун ругел нилъги хадур ралагьун тун уна рамазан. Хадур ралагьун нилъги хутӏула, букӏараб ракӏгъураб моцӏилан бутӏрулги кӏирикӏун, цо щибалиго къиматаб, хирияб хазина кодоса араб гӏадин пашманго. Гьединабго асар батула гьабсагӏат нужер щивасулги рекӏелъ.\nХъухъанчадалги, натӏухӏги, найил гьоцӏоги\nАхиралде щолеб бугеб рамазан моцӏалъе нухги регӏулаго, нижеда ракӏалде ккана жакъасеб номералда ракӏалде щвезабизе кинаб букӏараб нилъер умумузул заманалда кӏалбиччанкъояли абун? Щиб гьел гъаримаз хӏадурулеб букӏараб хирияб къоялде? Ракъул заманалъул квачӏакълъиги, рагъул кьогӏлъиги, чанги захӏмат-гӏакъуба къулчӏизе ккарал гьезул щиб букӏараб, аслияб къагӏидаялъ, кӏалбиччанкъоялъул столалда тӏад лъезе?\nГьабсагӏат, хириял руччаби, нуж ратила сардал рорчӏун, макьу тун, пирогал режулел, натӏухӏ къа — лел, тортазе заказал кьолел. Абухъего «цӏадабе бегьаниги квер бухӏуларебин» абулел къоялги тӏаде гӏун тӏун, жигаралда.\nГьедин хӏадур гьабула руччабаз кӏалбиччанкъоялде тӏагӏам, цогидазул бугеб дирги букӏине ккелин абураб пикруялъ толарого къачӏала столал. Анцӏго батӏияб гьуинлъи, конфет-чакар, тортал, анцӏго батӏияб пихъ. Камураб жо букӏунаро гьениб.\nАмма… Амма, гьудулзаби, гӏемери себ мехалъ лъицаниги кверги бегьичӏого гьединго хутӏула гьадаб къоги бихьун, макьуги тун хӏадур гьабураб нигӏмат.\nНусгоялда гьоркьоса анцӏгоясцин хӏалбихьуларо гьуинлъиялъул. Тортги хутӏула къотӏухъе, пирогалдеги лъицаниги бертӏамуларо. Сваризеги сварун, къвакӏун, тӏагӏамги хун ахиралде боцӏуе кьезе кканин цоцазде гӏарзахъдулел рагӏула руччаби.\nГьанже рачӏаха раккизин цебе заманалде. Кинаб букӏараб, мисалалъе, гьалдаса нусго яги 70-80 соналъ цебе нилъер умумузул кӏалбиччанкъо?\nЧӏахӏиял чагӏаз гӏемер бицун а гьелъул. Гьарзалъи гьечӏеб за — ман букӏаниги, доб мехалъ кӏалбиччанкъоялде букӏараб тӏа гӏама лъул берцинлъиги баракатги цӏи кӏкӏараб букӏанин абула гьез.\nХиси гьечӏого кидаго умумузул хирияб къоялде хӏадурулеб нигӏмат букӏана натӏухӏ. Гьеб камураб бакӏ кибниги батизе гьечӏо нужеда. Хасго гьанже бекьизе гьукъун букӏиналъ хӏалтӏизабулеб гьечӏеб габаниги гъорлъ жубан гьабураб натӏухӏалда букӏараб батӏияб тӏагӏам. Кида гьеб кӏочон телеб?\n— Доб мехалъ халкъ мискинго букӏана. Гьарзалъи букӏинчӏо гьанже гӏадин. Амма кинабго кунеб тӏагӏам букӏана татуяб, бацӏцӏадаб. Чӏахӏ гӏемер хӏалтӏизабулаан цебе. Гьелъулъги букӏана къуват. Тӏадехун абухъе, гьуинлъи, конфет-чакар щвезе бигьаго букӏинчӏо доб мехалъ. Чакарги къанагӏат гурони щолароан. Гьединлъидал аслияб къагӏидаялъ кӏалбиччанкъоялъ столалда тӏад букӏунаан натӏухӏ, бахъухъ, гьоцӏо, хъухъанчадал, урба, пурщаби, — гьедин бицунеб буго цӏикӏкӏарал чагӏаз.\nРукӏана умумул, букӏана заман…\n«Доб соналъ кӏалбиччанкъо битӏун завалаб риидалил гӏужалде дандеккун букӏана. Хьиндаллъиялъул ахакь тӏадбан барщун букӏана багӏли.\nРадалго рахъун росу сверизе Буцӏраса Исхӏакъил Мухӏамад цояб рахъалдехун Къарахъа Гӏабдуллагьги Чӏикӏаса Хӏамзат-Хӏажиявги цогидаб рахъалдехун ана. Рокъор хутӏарал Чӏанкӏаги Гӏашилтӏаса Къур бангӏалиги тӏаде рачӏарал чагӏазда дандчӏвай гьабизе хӏадурел ру кӏана. Азбаралъуб бакараб цӏадуда тӏад лъураб къанда тӏад бежулеб букӏана цӏияб гьан. Киданиги гьал кӏочон толарев Колоса Зайнудиница сон вацасул вас витӏун вачӏана кьагӏрил гьанги кӏудияб хӏанил чедги гьазие босун. Хӏарччинир жанир сокӏкӏун рукӏана мутагӏилзабаз гӏухьбузул къагӏидаялъ гьарурал хинкӏал. Тӏаде бан букӏана белъараб рассукӏ».\nГьадин цебечӏезабулеб буго гьалдаса 130 соналъ цебе гӏадин магӏарухъ букӏараб кӏалбиччанкъоялъул сурат Гӏумархӏажи Шахтамано вас. Бакьагьечӏиса Тажудинил (Чӏанкӏа) ва Хъахӏабросулъа Махӏмудил хӏакъалъулъ гьес хъвараб «Му гӏалимги мутагӏилги» абураб тӏехьалда.\nТок гьечӏеб, цӏумур кьабулеб сагӏат рокъоб гьечӏел соналги рукӏана нилъер умумузул. Доб мехалъ, как ахӏилалде гӏадамал тӏаде рахъинаризе батӏи-батӏиял ресал ургъулел рукӏун руго гӏадамаз. Гьединаб цо мисалалъул бицунаан эбелалъ дие.\nГьан тӏамулел тӏаде рахъа,\nТӏех буцулел дагьалъги чӏа,\nЧӏагӏа бугес дунги ахӏе,\nГьо-гьо-гьо. Гьа-гьа-гьа. Гьегье-гье!\n— янги ахӏулаго, бухулаго резил тӏарсгун росу сверизе унаанин мунагьал чураяв жиндир эмен Ахкул Мухӏамадилан бицунаанин жиндие кӏодоэбелалъ. Букӏун бугеб цӏакъаб заман, хӏисаб гьабураб\nмехалъ.\nГӏадамал доб мехалъ рукӏана ракӏал гӏатӏидал. Лъикӏаб, тӏагӏамаб квен гьабидал, «гӏайиб гурищ, цо гьоболги гьечӏого нилъецаго квине кколеб гьаб, баркаманин» рукъалъул бетӏергьанас абулеб. Хӏамагӏанасеб куй хъведал, гьелъул бутӏа мадугьалзабазе щвезабичӏого ракӏ гӏодобе биччаларел, ролъул гурга бежидал гьеб бащдаб бекун, рукъ цурав мадугьаласе бащад гьабулел, цоцада тӏаде-гъоркье хьвадулел, гъасде ракӏарулел, ракӏалда бугеб жо цоцада бицунел, къварилъиги гӏатӏилъиги гӏахьал гьабулел – унго-унгоял умумул рукӏана нилъер.\nГьединал ракӏ сахаватал, квер цӏалтӏарал, буголъиялда барахщуларел гьел рукӏиналъ рокъоб баракатги, кванда батӏияб, хасаб тӏагӏамги букӏана. Кӏалбиччанкъоги дозул берцинаб букӏана. Кинабго буго жакъа бичун босизе щолеб. Джипазда, Лексусаздаги рекӏун, бер къанщилалде гӏадин магӏарухъеги щола. Хирияб къо кӏодо гьабизе росулъеги ракӏарула.\nУмумузул хабадеги рахуна, дугӏа-алхӏамги цӏалун, гьезул рухӏазеги кьола. Амма, гьудулзаби, кинабго гьарзаго бугеб заманалда цо жо гӏолеб гьечӏо жакъа нилъее. Щиб гьебали нужго ургъун рихье, дица гьаниб ургъунго хъвачӏого толеб бугин. Щивас жиндиего кье гьеб суал ва жаваб кьезеги хӏалакунге. Хӏамзатил Расулица абухъе:\nКӏочон тоге магӏарухъ,\nМагьал раччарал гӏарщал,\nГӏамал кӏодолъаразда\nКӏичӏ-кӏичӏун рехе цере.\nКинабго цадахъ босе,\nКинабго кӏочон тоге.\nУмумузул хабада,\nХурдузул сас кӏочонге.\nБаркула тӏолалго магӏарулазда тӏаде щолеб бугеб гӏидалъул байрам — Кӏалбиччанкъо. Аллагьас нужер ккурал кӏалалги, рахъарал сахӏалги, таравихӏ какалги, гьабураб лъикӏаб гӏамалги азариде бахинабеги. Тӏадеялъул бачӏунеб къоги гьадин рохалида, гьоркьоса чи камичӏого, дандчӏвалеб батаги. Амин. Рохун таги киналго Бетӏергьанас!"}
{"slug": "22893-dag-istanal-ul-poligrafiya-kanl-i-l-ayalde-l-urab-nukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22893-dag-istanal-ul-poligrafiya-kanl-i-l-ayalde-l-urab-nukh", "title": "Дагъистаналъул полиграфия – канлъи-лъаялде лъураб нух", "date": "2023-04-23 09:27:03", "categories": ["rel"], "text": "«Тӏехь лъикӏаб буго гӏарцудаса. Щайгурелъул гӏарац дуца хьихьизе ккола, тӏехьалъ мун хьихьула»\n19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некӏсияб Русалда 1564 соналда тӏоцебе «Апостол» абураб тӏехь къватӏибе биччаялда бан.\nДагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетӏеялъул тарих. Советияб заманалда рикӏкӏунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб хӏуригат ккезегӏан, басмаханаго букӏинчӏилан. Амма гьеб хӏакъикъаталде дандекколеб пикру гуро. Рукӏана нилъер республикаялдаги басмаханаялде кӏвар кьолел хӏаракатчагӏиги гьез рахъарал тӏахьалги. Гьеб рухӏияб нахърател, кинабго гьечӏониги, батӏибатӏиял архивазда цӏунунги буго. Абизе ккола, жакъаги жеги гӏелмияб къимат кьун, тӏубанго рагьун гьечӏо ХӀX гӏасруялъул байбихьудасанго Дагъистаналъул бакӏалъулаб администрациялъул изнуялдалъун рагьун рукӏарал басмаханабазда гӏараб, гӏажам мацӏазда кьабурал тӏахьазул къимат ва кӏвар.\nДагъистаналда тӏоцевесев басмачи\nДагъистаналда басмаханаялъе кьучӏ лъурав махщелчи, республикаялда миллиял мацӏазда периодикияб басмаялъул гӏуцӏарухъанлъун вукӏана Гъуниб округалъул Чӏохъ росулъа, Дагъистаналда машгьурав гӏараб гӏелму цӏаларав Мухӏамадмирза Мавраев (1878-1964).\nГьесул хӏаракаталдалъун XX гӏасруялъул авалалда Дагъистан лъугьана Северияб Бакъбаккул Кавказалда гӏараб хъвай-хъвагӏаялъул тӏахьал басмаялда рахъиялъул аслияб бакӏлъун.\nМухӏамадмирзае байбихьуда лъай кьуна инсуца, цинги гьев цӏалана доб заманалда машгьураб Сугъралъ мадрасаялда. Гьенив цӏалулеб мехалда М. Мавраев дандчӏвана Гъоркьагъазда нущиса Абусупян Акаевгун. Кӏиялго цадахъ цӏалана гьел мадрасаялда. Гьадин абулеб буго 1925 соналда А. Акаевас хъвараб жиндирго автобио графиялда: «Дун Сугъралъ мадрасаялда цӏалулеб мехалда гьенив вукӏана Чӏохъа Мухӏамадмирза Мавраевги. Гьев дидаса гьитӏинав вукӏана цо сональ. Щулияб гьудуллъи ккана нижер. Гьев вукӏана цӏакъ жигарав ва гӏезегӏанго ресалда вугев чи. Гьеб кинабгоги бихьун, дица Мавраевасда лъикӏаблъун бихьизабуна Дагъистаналда типография рагьизе. Гьев разилъана ва жигаралда тӏаделъана гьеб иш гӏумруялде бахъинабизе. Доб соналъул ахиралде ниж инженер Гӏадилгерей Даитбеговасул кумекалдалъун Казаналде ана школазда лъимал цӏализариялъул цӏиял къагӏидаби лъазаризе ва типографиялъулал станокал росизе. Гьеб букӏана 1900 сон»\nБасмаханаялъул алатазда хадур Бахчисараялде\nДагъистаналда типографиял гӏуцӏизе гъира базабурал М. Мавраев, А. Акаев, Щуланиса Исмагӏил Абакаров 1902 соналда ана Бахчисарай шагьаралде ва хӏалтӏизе лъугьана Исмагӏил Гаспринскиясул типографиялде. Мавраевасе бокьун букӏана гьениса типографиялъулаб алат бичун босизе, амма пачаясул хӏукуматалъул гьелъие изну букӏинчӏо. Гьединлъидал байбихьуда гьес И. Гаспринскиясул цӏаралда бичун босана типографиялъул гьитӏинабго станок. Амма хадуб тӏахьал риччазе ккани, хӏажалъулаан пачаясул хӏукуматалъул бакӏалъулал хӏакимзабазул хасаб изну. Мавраевасул васал Анварица ва Ниязбегица жиндир заманалда кьурал баяназда рекъон, Мухӏамадмирзал имгӏал Ризван Мавраевас, Типлисалде, Кавказалда пачаясул сардарасухъе ун, гьесул хъван кьураб изну-кагъат босун буго Темир-Хан-Шураб, Дагъистан областалъул тахшагьаралда, басмахана рагьизе.\nКуйдул ричун щвараб — станоказухъ\nГьанже хӏажат букӏана типографиялъе цогидабги алат-къайи босизе гӏарац. Мухӏамадмирзал гьеб букӏинчӏо. Кумек гьабуна ресалда ругел гӏагарал гӏадамаз. Гьез бичана 400 гӏиялъажо ва щвараб гӏарац кьуна Мавраевасе. Гьес А. Акаевасул ва цогидал гьудулзабазул кумекалдалъун Турциялдаса ричун росана литографиялъул станокал, Шураб – типографиялъе мина ва 1903 соналда байбихьана тӏахьал къватӏире риччай гӏуцӏизе.\nТӏоцебесеб соналда типография заралгун хӏалтӏаниги, хадусел соназда гьелъ кьуна хайир, рецӏана гьелда тӏад гьарурал харжал, ва дагь-дагьккун Мавраев лъугьана Дагъистаналъул бищунго бечедал гӏадамазул цоявлъун. Гьесул рукӏана цӏол бол ахал, консервазул заводал, хунжрул гьарулеб завод, лакай-тӏом гьабулеб фабрика, складал, тӏахьазул тукен, жиндирго хъизамалъ, гьединго типографиялъул, заводазул, фаб рикаялъул хӏалтӏухъабаз жаниб гӏумру гьабулеб анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун мина.\nГӏага-шагарго 1905 соналда М. Мав раевас типо-литографиялда къва тӏибе биччана жиндирго васият — «Мавлид манзур». Доб мехалъ Дагъистаналъул типо-литографиябазда гӏараб ва бакӏалъулал халкъазул мацӏазда тӏахьал аслияб куцалъ литографиялъулаб къагӏидаялъ къватӏире риччалел рукӏана. Гьединлъидал тӏахьазул качество ва берцинлъи бараб букӏана катибазул (квералъ тӏахьал хъвалезул) махщалида.\nМ. Мавраевас жиндирго типографиялда гьеб захӏматаб хӏалтӏи гьабизе рачунел рукӏана Дагъистаналъул бищунго лъикӏал махщелчагӏи. Масала, гьенир хӏалтӏана Дагъистаналъул гьунар тӏокӏал катибал Накӏкӏикьа Нурмухӏамадил вас Гӏабдулатӏип, Гъоркьагъазданущиса Ака ев Абусупян, Ибрагьимил вас Хӏа сан, Гьамушиса Мухӏамадил вас Асадула, Урариялдаса Мухӏама дил вас Давудхӏажи, Куласа Мухӏа мадмирзал вас Гӏиса, Щуланиса Абакарил вас Исмагӏил, Хважалмахьиялдаса Гӏабдулгӏазизил вас Нурислам ва цогидалги.\nГӏараб мацӏалда хъвараб Дагъистаналъулаб литератураялда гъорлъ машгьураб букӏана, Шамилил хӏара катчилъиялдалъун ва гьевги гӏахьаллъун, гьесул секретарь ва магӏарулаз жидерго эркенлъия лъе гӏоло гӏемерал соназ гьабураб ба хӏарчияб къеркьеялъул гӏахьалчи Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица 1852-1882 соназда хъвараб «Шамилил цо-цо рагъазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб хроника. Амма пачаясул хӏукуматалъ гьеб асар басмаялда бахъизе гьукъана. Гӏицӏго совет хӏукуматалъул соназда гьеб къватӏибе биччана гӏараб мацӏалда ва, гӏурус мацӏалдеги буссинабун, «Лъабго имам» абураб цӏаралда гьоркь.\nДагъистаналъул халкъазул мацӏазда тӏахьал рахъи\nДагъистаналда гӏемер батӏи-батӏиял мацӏазда кӏалъалел гӏадамал ру кӏинги хӏисабалде босун, М. Мавраевас бакӏалъулал гӏалимзабазул, таржамачагӏазул ва катибазул кумекалдалъун гӏуцӏана магӏарул, дарги, лъарагӏ, лак, адыгей, азербайжан, гӏараб, балкар, кабардин, гъарачай, асатӏин, чачан, гӏурус мацӏазда тӏахьал басмаялда рахъи.\nГьединал словаразул тӏоцебе себлъун букӏана, «Суллам ал-лугъат» («Мацӏазул мали») абулеб, ункъо маДагъистаналъул полиграфия – канлъи-лъаялде лъураб нух «Тӏехь лъикӏаб буго гӏарцудаса. Щайгурелъул гӏарац дуца хьихьизе ккола, тӏехьалъ мун хьихьула» 19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некӏсияб Русалда 1564 соналда тӏоцебе «Апостол» абураб тӏехь къватӏибе биччаялда бан.\nДагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетӏеялъул тарих. Советияб заманалда рикӏкӏунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб хӏуригат ккезегӏан, басмаханаго букӏинчӏилан. Амма гьеб хӏакъикъаталде дандекколеб пикру гуро. Рукӏана нилъер республикаялдаги басмаханаялде кӏвар кьолел хӏаракатчагӏиги гьез рахъарал тӏахьалги. Гьеб рухӏияб нахърател, кинабго гьечӏониги, батӏибатӏиял архивазда цӏунунги буго. Абизе ккола, жакъаги жеги гӏелмияб къимат кьун, тӏубанго рагьун гьечӏо ХӀX гӏасруялъул байбихьудасанго Дагъистаналъул бакӏалъулаб администрациялъул изнуялдалъун рагьун рукӏарал басмаханабазда гӏараб, гӏажам мацӏазда кьабурал тӏахьазул къимат ва кӏвар. 13 №14, рузман 2023 с. 14 апрель цӏалъул – гӏараб, лъарагӏ, авар, гӏурус – словарь. Гьеб хӏадур гьабун букӏана Абусупян Акаевас, къватӏибе биччана М. Мавраевас 1908 соналда. Жа мгӏияталда гьелдехун хӏажалъи цӏикӏкӏиналъ Мухӏамадмирзаца гьеб къватӏибе биччана чанго нухалъ.\nМ. Мавраев Дагъистаналда машгьурав вуго периодикияб басмаялъул гӏуцӏарухъан хӏисабалдаги. 1911 соналда гьес Дагъистан областалъул начальникасда гьарана гӏараб мацӏалда газета къватӏибе биччазе изну кьеян. Пачаясул администрациялъ изну кьуна. Газеталъе хӏажат рукӏана гӏараб ва цогидал мацӏал лъалел гӏадамал. Гьединав чилъун вукӏана Гӏали Каяев. Кабардаялда хӏалтӏулев вукӏарав гьевги Дагъистаналде вачун, 1912 соналъул 1 январалда къватӏибе биччана «Джаридат-уль Дагъистан» газеталъул тӏоцебесеб номер. Редакторлъун вукӏана Бадави Сагӏидов, таржамачилъун – Гӏали Каяев.\n1917 соналъул Февралалъулаб революциялдаса хадуб Дагъистаналда гӏуцӏана ва къватӏибе биччана чанго газета, 1918 соналъул 27 январалда «Мусават» газеталда бахъараб «Халкъалде хитӏаб» абураб макъалаялда М. Мавраевас гьадин хъван буго: «Эркенлъи щун хадуб (Февралалъулаб революция бергьиндал) нилъер щивас жигар бахъулеб букӏана жиндаго хӏалкӏвараб куцалда халкъалъе кинаб бугониги пайда гьабизе. Дицаги дидаго кӏвараб куцалъ жигар бахъана нилъер халкъалъе кумек гьабизе ва гьелъие лъай щвеялъул мурадалда гӏуцӏана лъабго газета: авар мацӏалда — «Аваристан», лъарагӏ мацӏалда — «Мусават» ва лак мацӏалда — «Чанна цӏукӏу» ва гьел къватӏиреги риччана», — ян.\n1917 соналъул 3 апрелалда Махӏач ва Написат Дахадаеваз Мавраевасул типографиялда къватӏибе биччазе байбихьана магӏарулазул «Заман» абураб, жиндир ирсилаблъун гьанжесеб «Хӏакъикъат» кколеб газетаги. М. Мавраевасул басмаханаялда 1917-1918 соназда кьабулел рукӏана, тӏадехун рехсарал газетал гурелги, революциялъулал тӏанчалахӏиял ва лъарагӏ мацӏалда — «Ишчи халкъ» (Захӏматалъулаб халкъ), авар мацӏалда — «Хӏалтӏулел чагӏи», лак мацӏалда — «Илчи» газеталги. Мухӏамадмирза Мавраевас цӏакъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна тӏахьал халкъалда гьоркьор тӏиритӏизариялъеги. 20-абилел соназул авалалда Махӏачхъалаялда байбихьана цӏияб типография базе. М. Мавраевасул бажари жинда лъалев Дагъистаналъул лъай кьеялъул халкъияв комиссар Гӏ. Тахо-Годица гьев тӏамуна гьелъул управляющийлъун.\n1929 соналда М. Мавраевас Дагъистан тезе ккана. Щайгурелъул гьесда лъана «гьудулзабаз» жинда тӏасан бечелъиялъул хӏакъалъулъ хъвараб гӏарза газеталъул редакциялда метер къватӏибе бачӏине бугеб номералда лъезе хӏадурун букӏин. Гьев ана Бакуялде, гьенисан Узбекистаналде. Кӏиго сон гьенибги бан, гочана Казахстаналде. Акмолинск шагьаралде ва гьенив гӏумру гьабун чӏана Кутишаса Гӏисаев Мухӏамад абураб цӏаралда гъоркь. Ячана лъади, рагьана рукъалъулал тӏагӏелал къачӏалеб мастерская ва Аллагьасул къадаралде щвана 86 сонил ригьалда, 1964 соналда. Гьев вукӏана Дагъистаналда тӏоцебе басмахана рагьарав чи. Жа къа нилъер республикаялда гӏемерго цебетӏураб полиграфия буго.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "22917-chorokab-giarats-gabun-rugunazda-khiekheze-kioleb-gechio-nizhetsa-dag-istan-batsitsiad-gabuleb-bukiin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22917-chorokab-giarats-gabun-rugunazda-khiekheze-kioleb-gechio-nizhetsa-dag-istan-batsitsiad-gabuleb-bukiin", "title": "«Чорокаб гӏарац гьабун ругьуназда хӏехьезе кӏолеб гьечӏо нижеца Дагъистан бацӏцӏад гьабулеб букӏин»", "date": "2023-04-25 07:58:59", "categories": ["obshestvo"], "text": "19 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас Халкъияб Собраниялде гьабураб хитӏаб халатбахъана кӏигониги сагӏаталъ.\nГьелъухъ гӏенеккизе ахӏаразда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумаханов (гьединго цогидал депутаталги), цереги гьанжеги тӏадегӏанал пачалихъиял хъулухъазда рукӏарал ва ругел нилъер ракьцоял, муниципалиял гӏуцӏабазул киналго нухмалъулел, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, машгьурал журналистал ва цогидалги.\nМеликовас хитӏабалда рехсарал хӏужабазухъ гӏенеккун, бихьулеб букӏана гьесда гьел масъалаби гӏезегӏан гъорлъе ваккун лъалел рукӏин. Гьел рукӏана нилъер щивас рокъорги, къватӏирги, хӏалтӏудаги рорхулел политикиялги, социалиялги, экологиялги, рукӏа-рахъиналъулги, жамгӏиялги, мацӏалъулгун маданияталъулги суалал.\nСВО\nЖибго тадбир байбихьана СВО- ялда гӏахьаллъулаго гӏумруялдаса ратӏалъарал нилъер ракьцоял ракӏалде щвезариялдалъун.\nХитӏабалда аслияб бакӏ ккуна гьелъул гӏахьалчагӏазеги хъизама- зеги кумек гьабизелъун республи- каялъул хӏукуматалъ тӏоритӏулел тадбиразул бицунаго. Гьедин Дагъи- станалъ СВОялде битӏана щуазарго- ялдасаги цӏикӏкӏун тонна гуманита- рияб кумек.\nБечедал чагӏаздаса байбихьун, гьеб кумекалъулъ жиде-жидерго бутӏа лъун буго рахӏмуялъул гӏуцӏабазги, рагъухъабазе щватаби хьухьунел гӏадатиял руччабазги, СВОялде урба-хьон, гьан-нах, хӏан, гьоцӏо битӏарал росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазги, фронталде кагътал хъварал лъималазги, учительзабазгун тохтурзабазги.\n«Кӏикӏундерил завод хӏалтӏизе ккола!»\nЛъикӏаланго тӏадчӏей гьабуна росдал магӏишаталдаги.\n«Нилъеца гӏезегӏан нигӏматал гӏезарула, амма гьел къачӏалеб куц буго гӏодобегӏанаб даражаялда. Консерваздалъун улкаялдаго бечедаб Кӏикӏуни росдал заводгицин чӏун хутӏун буго гӏарцул рахъалъ къварилъи букӏиналъ. Гьеб хӏалтӏизе ккола. Гьединлъидал республикаялъул хӏукуматалда тӏадкъалеб буго пихъ бакӏарулеб заман тӏаде щвелалде гьелъул суал тӏубазе хӏалтӏи байбихье», — ян абуна Сергей Меликовас.\nХъантӏарал застройщиказул хӏакъалъулъ\nРакьазда хурхун тартиб чӏезабизе ДРялъул Мал-мулкалъул министерствоялъе тӏадкъайги кьуна гьес. Масала, муниципалиял гӏуцӏабигун цолъун, исана сон ахиралде щвелалде гьез ЕГРНалъул сияхӏалде росизе ккола жидерго гӏорхъаби.\nГьединго Сергей Меликовас Халкъияб Собраниялда тӏадкъана къокъабго заманалда жаниб законопроект хӏадуризе — кьучӏаб хӏукму букӏун гурони, бакӏал рачӏого тезе.\nМахӏачхъалаялдагун Каспийскиялда къойилго гӏадин ралел гӏемертӏалаял минабазул бицунаго, ганчӏил джунглиязда релълъинару- на Меликовас гьел. Сурукъго рарал гӏечӏого, жеги законги хвезабун, гӏадамалги махсараде ккунги ран ругин гьел. Цебеккунго гӏарацги бакӏарун, хасал идарабазухъа изну щвечӏолъиялъ рачӏого тарал минаби чанги ругелъул нилъер гьанир.\nМеликовас бицана цо-цо застройщикал сихӏирго хӏалтӏулел рукӏиналъулги: «Масала, гьез абула жидеца кӏванагӏан кумек гьабилин СВОялъул гӏахьалчагӏазе, гьезул хъизамазе рукъзалгицин кьелила жидецаго рарал минабазда жанир. Амма жидее изну кьейила жидеего бокьараб бакӏалда мина базе. Гьелде иш ккани, дицаго кьела гьезул жидерго хъизамазе рукъзалги цогидабги, гьел доре СВОялде анани».\nГьединго Сергей Меликовас рехсана гӏадамаз жидецаго гӏарацги данде рехун къачӏалел жидерго минабазда цересел азбаралги. «Гьеб бакӏалде рачӏунгицин, щибниги базеян хӏалбихьизе лъугьунел руго хъантӏарал, гӏорцӏи гьечӏел нилъер цо-цо ракьцоял», — ин бицана республикаялъул бетӏерас.\nКьищниги роржанхъулел къучӏбиги\nУнго-унголъунги республикаялъе кӏвар бугел суалал тӏуразе лъугьунелъул, цо-цо мехалда гӏажаибаб дандечӏейги загьирлъулин бицана Меликовас. Рагьун бихьизабичӏониги, гьеб халлъулеб буго расги гуреб бакӏалда квекӏеналги гьарун, бюрократия хӏалтӏизабиялдалъун. Гьерсазулги бугьтаназулги тӏубараб гӏомогоро гӏадаб жо ургъулин гьединал суалазда сверухъ. Масала, рищникъул, хутӏелал рацӏцӏад гьариялъе хӏукуматалъ гьабулеб хӏалтӏи рехсана республикаялъул нухмалъулес: «Цо рахъалъ босани, кинха данде чӏезе бегьулеб чанго анцӏ-анцӏ соназ гьадигӏан гьайбатал нилъер мугӏрулги ракьалги инжит гьарурал рощногохӏал лъугӏизариялда, кьищниги бухӏун киса-кибго заралияб кӏкӏуй тӏибитӏунгутӏизе гьабулеб хӏалтӏуда, роржанхъулел целлофаналъул къучӏбузул респу- бликаян Дагъистаналда лъураб цӏар нахъе бахъиялъе гьабулеб ишалда? Амма щолел гъурщазухъ балагьун, миллион чиясул сахлъиялда тӏаде ракь хъвалел гӏадамалги ратулел руго. Гьезда гьоркьор руго тӏабигӏат цӏуниялъе цебехун жидеца бер бахилаб хӏалтӏи гьабичӏел чагӏигицин, чороклъизе Дагъистаналъул гӏорал гун хӏоралги тун, гӏодориччан чӏун рукӏарал гӏадамалгицин. Гьан- же гьезул пикру щай хисарабали бичӏчӏулеб жо буго. Чорокаб гӏарац гьабун ругьунал чагӏазда хӏехьезе кӏолеб гьечӏо нижеца Дагъистан бацӏцӏад гьабулеб букӏин».\nХадуб Сергей Меликовас тӏаде жубана 2024 соналъул ахиралде рищни-къулгун хутӏелал рацӏцӏад гьариялъул масъала тӏубан букӏине кколилан.\nНухал\nГъоркьиса Махӏачхъала, Хасавюрт ва Дербент шагьарал сверун машинадул нухал рахъизе байбихьиялъ нухазда ахӏвал-хӏал гӏодобе биччалин, гӏадамазеги бигьалъи лъугьинилан абуна гьес.\nГьеб мехалда Меликовас рехсана нухда халлъулел цо-цо сурукъал рахъалги: «Махӏачхъалаялдаса Дербенталде унеб мехалда нухда берчӏвала гӏицӏго река-риххарал къадазда яги лъиениги къваригӏинчӏеб гӏадаб къайи-цӏаялда. Рачӏа гьенибги гӏадлу гьабизе».\nКӏочон тарал унтаби\nЭбел-инсул ургъел гьечӏолъиялъги жагьиллъиялъги лъималазда вакцинаби гьаризе риччалел гьечӏиланги бицана гьениб. Гьелъ нилъехъе тӏадруссун рачӏунел руго анцӏ-анцӏ соназ церего нилъеда кӏочон тарал унтаби.\nМеликовасул пикруялда рекъон, хадуб гьелъ квешаб асар гьабизе буго лъималазул сахлъиялъе.\nЛъай кьей\nГӏураб къадаралда школал разе хӏажат букӏиналъул бицунаго, республикаялъул нухмалъулес муниципа- литетазул бутӏрузда бичӏчӏизе жоги бицана: «Азаргогӏан цӏалдохъанасе школа базе бакӏ хьуцӏилъ кьолеб бугони, суал бижула администрациялъул нухмалъулесдехун, кьурда тӏад гьелъие бакӏ бихьизабулеб бугони, суал баккула психиатрасдехун». Хадубго гьес кӏвар буссинабуна цо иш тӏадкъазе республикаял- да хасаб махщалил чагӏи кодоре щунгутӏиялдеги. Гьединлъидал гьел ахӏизе кколел руго Кабардино-Балкариялдаса яги цогидал бакӏаздаса.\nТуризм\nНилъехъе рачӏунел туристал гӏемерлъулел ругилан бицунаго, Сергей Меликовас мисалалъе рачана Цӏадаса Хӏамзатил рагӏаби: «Ралъад аскӏоб бугел чагӏазул гӏумру бечедабги берцинабги букӏуна, гьезухъ гьалбалги гӏемер щола. Ралъдадаса берцинал жал цохӏо мугӏрул гурони рукӏине рес гьечӏо. Нилъерин абуни гьелги руго».\nПалата\nДРялъул Жамгӏияб Палатаги чӏун хутӏун бугилан абуна С. Меликовас. Гӏицӏго берцинлъиялъе лъурал сурахӏабазда релълъун рукӏине бегьуларила гьелъул вакилзаби. Ккараб бакӏалда тӏалъиялъе критикаги гьабизе ккола. Амма гьебги кьучӏаб букӏине ккола. Лъай-хъваялде, гӏагарлъи-божилъиялде рачӏун рищизе кколаро Жамгӏияб Палатаялде вакилзабиги.\nРакьа рехулел чагӏи\nМеликовасул рагӏабазда рекъон, халкъияб информациялъул алатаздасанги соцсетаздасанги дагъистаниязда гьоркьобе ракьа рехизе хӏаракат бахъулел къватӏиса къуваталги руго. «Амма гьел киданиги щвеларо гьеб мурадалде».\nМуниципалитетал\nСергей Меликовас рикӏкӏунеб буго муниципалитетазул хӏалтӏи цӏилъизабизе кколиланги, гьел доб цебегосеб куцалда хӏалтӏулел ху тӏун ругилан. Хадубго гьес тӏаде жубана бакӏалъул администрациязул хӏалтӏухъабазе харжал цӏикӏкӏинаризе кколиланги. Гьеб мехалда хъатчӏвазе лъугьана залалда гӏодор чӏарал.\nP.S. Палхӏасил, гӏага-шагарго гьединаб букӏана Сергей Мели- ковас Халкъияб Собраниялде гьабураб хитӏаб. Гьанже хьул буго гьенир рехсанщинал масъалаби нилъер депутатазги пачалихъалъул ишазул гӏоркь кодосезги гӏумруялде рахъинаризе ратилилан абураб.\nЗульфия ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "22918-tarikhalda-khutiulel-khiriyal-k-oyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22918-tarikhalda-khutiulel-khiriyal-k-oyal", "title": "Тарихалда хутӏулел хириял къоял", "date": "2023-04-25 08:15:54", "categories": ["history"], "text": "Хӏакъикъаталдаги тарихияллъун лъугьана Шамил районалъул жамагӏаталъе свалат-салам лъеяв хирияв Мухӏаммад аварагасул, гье- сул хъизаналъул, асхӏабзабазул асарал жидерго ракьалда рещтӏарал къоял. Цогидал районазеги щвараб рохел гьеб бугониги, 13-17 апрелалъ- ул къояз нижерго ракьалда букӏараб ахӏвал-хӏал цӏалдолезеги бикьулеб буго.\nРохалил магӏу букӏана щущалеб\nХириял асарал Дилималдаса байбихьун тӏоритӏулеб ва Хӏебда нилъер халкъалъ къабул гьарулеб къагӏида бихьидал, рохалил магӏу щущалеб букӏана гӏемеразул. Чвахун балеб цӏадакь цӏалтӏун риччаниги, нухлул кӏиябго рахъалда эхетун рукӏана гӏисиналгун чӏахӏиял. Гьеб цӏад къаденахъе Хӏебда кутакалда балеб гӏаздаде сверизе бугин кьолеб букӏана синоптиказ. Гьеб заманаялъ тӏаде щвезе кколаан аварагасул асаралгун бачӏунеб къокъаги. Шамил районалъул гӏорхъоде гьел щолаго, къокъаб лахӏзаталъ гьуриги багъарун, хинал бакъул чӏоралги рещтӏун, цебе лъуна зодил хъахӏиллъи. Аллагьасул цӏобалъул гӏатӏилъи, хӏикматазул гьарзалъи!\nГьел къояз тӏубан батӏияб, цо хӏикматаб рохалица гвангъарал къоял рукӏана тӏолабго районалда. Квекӏен ккечӏого гьеб нухда бачиналъе хасаб хӏукмуги гьабун оргкомитет гӏуцӏун букӏана районалъул нухмалъулез.\nДилималдаса хириял асаралгун Хӏебде щведал, районцоязде вуссун, Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна:\n— Нилъер ракьалде жакъа рещтӏараб гьаб рохел Мухӏаммад ава- рагасул (с.гӏ.в.), асхӏабзабазул асарал, гьез квер хъварал тӏагӏелал рихьизе щвей — гьеб буго иман камилал нилъер цересел умумуздасаго бачӏараб баракат. Гьаб баракат насиблъарал къоял даимго хутӏила нилъер районалъул тарихалда, халкъалъул ракӏазулъ. Дагъистаниязе, бусурбабазе кӏудияб кӏваралъул гьаб иш гӏуцӏанщиназе баркала буго нижер районалъул рахъалда- сан. Гьава-бакъалъухъ балагьичӏого, гъунисезул гӏорхъодаса байбихьун райцентралде щвезегӏан нухлул рагӏаллъаби цӏун эхетараб районалъул тӏолабго жамагӏаталъе, къаси-къад макьу, хӏалхьи тун хӏадурлъи гьабурал руччабазегун бихьиназеги азаазар баркала.\nЧӏаго алжан гӏадинаб заман насиблъун буго\nЛъугӏелго гьечӏеб букӏана гӏадамаз цоцазе загьир гьабулеб рохел.\nГӏайшат Мухӏамадова, Гьентӏа школалъул мугӏалим:\n— Дида ракӏалде щвана лъимерлъи, хӏежалъухъ урхъун хварал чӏахӏиял чагӏи. Нижер ункъгӏалалъул гор- да тӏад цӏунун букӏана чамасдакӏул лъабго пурчӏун, аварагасул ракьал- даса бачӏараб нигӏмат бугин абун, квер хъвазе толароан лъималазда.\nПикру гьабурав чиясе цӏакъ эркенаб заман насиблъун буго нилъее. Гьалъул къимат цӏунизе гӏакълуги сабруги кьеги киназего. Нилъер заманаялъ гьеб баракат щвей буго кӏудияб Аллагьасул цӏоб.\nМуъминат Дибирова, Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур:\n— Дир гӏумруялда жанир бищун къиматал, хӏикматаб рохалил асар гьабулел къоял руго гьал. Аллагьас нилъер къисматалда гьаб рохел хъван батиялъе щукру гьабулей йиго дун. Балагьун бер гӏорцӏуларого буго районцояз бахъараб хӏаракаталъухъ, гьез гӏуцӏараб берцинлъиялъухъ. Гьаб баракат, рохел дун чӏаго йигебгӏан заманалъ цадахъ букӏина.\nГьадигӏан рухӏалъе рахӏат кьолеб байрам жеги бихьичӏо\nУнкъо сордо-къоялъ гьоркьоса къотӏичӏого хьвадана гӏалам хирияв аварагасул, асхӏабзабазул асарал рихьизе. Гьелъие чӏезарун рукӏарал квегӏенлъабазул бицун хӏалкӏвеларо. Сордо-къоялъ гӏадамазе санагӏалъи ялъе эхетарал гӏолохъанал васалгун ясал рихьун гӏажаиблъизе бачӏунаан, кингӏаги хӏалкӏвараб гьаб кинабго щвалде щун гӏуцӏизе абун. Бащдаб гӏасруялдаса араб дир гӏумруялда гьадин рухӏалъе рахӏат кьолеб байрам, тадбир бихьичӏо. Маркӏачӏул гӏужалдаса байбихьун рогьалил какде щвезегӏан Хӏебда рещтӏарав аза-азар чиясе рес букӏана бокьани ашбазазда, хас гьабун хӏадурарал цогидал бакӏазда чӏорого кваназе.\nСордо-къоялъ гьоркьоб къотӏичӏо го гӏолохъабаз цин цоял хисун, хириял асарал ругеб бакӏалда жаниб цӏалулеб Къуръан, къватӏиб хӏадурараб сценаялдаса гьабулеб вагӏза, лъугӏел гьечӏеб халкъалъул чвахи. Кинабго лъугьабахъунеб гьоркьоса къотӏичӏого ютубалда, телеграмалда прямой эфиралда бихьизе рес рекъезабун букӏана «Шамил районалъул гӏолилал» гӏуцӏиялъ, Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабаз.\n— Дида гӏемераз абулеб буго гьаб кӏудияб иш гӏуцӏизе бигьаго букӏун батиларин. Битӏахъе бицани, букӏинчӏо щибго захӏмат, — ин абуна районалъул имамзабазул гӏуцӏиялъе нухмалъулев Гӏизудиница. — Бихьараб къо батаниги, гьанире арал сурсатал ратаниги — гьеб захӏмалъизе ккараб жого гурин рикӏкӏуна дица. Мажгиталда жаниб как базе гӏатӏилъиги тун, аварагасул асарал лъезе санагӏат рекъараб бакӏ, райцентралъул хӏухьбахъиялъул паркалда цӏидасан гӏуцӏизе хӏукму гьабуна оргкомитеталъ, гьеб цӏакъ лъикӏги ккана. Киналдасаго рази вуго, Алхӏамдулиллагь.\nЦого пикруялда нахърилълъунел гӏадамазул бугеб къуват\n— Гьаб макьу бугин яги телевизоралдаса бихьулеб жо бугин кколеб буго. Кьижизецин бокьун гьечӏо, кидаго гъора паркалдаго рукӏине бокьун буго, — ян абулеб букӏана, хӏалица улбуз ракӏарун рокъоре рачӏунел гӏисинлъималазцин.\nПатӏимат Мухӏамадова, «ЦОЛЪИ» газеталъул редактор:\n— Районалъул ясаз, гӏолохъабаз бахъараб яхӏалдаса бугеб разилъиялъул бицун хӏалкӏвеларо. Нилъеда лъала, цебе росдал кьучӏ букӏинчӏел бакӏазда гӏуцӏарал райцентрал руго шагьаралго гӏадал, «гьаб нижер росу, гьаниб кьибил буго» абун рикӏкӏунарел, цокӏалаб жамагӏат гьечӏел бакӏал. Халкъго къватӏибе бахъун хирияв аварагасул асараз- да дандчӏвазе цадахъ хӏадурлъиялъ батӏиябго цолъи, гъунки лъугьана хӏебдасезул. Гьаб тадбиралъ бихьизабуна цо пикруялда нахърилълъунел гӏадамазул бугеб къуватги. Дида ккола гьаб хӏалбихьиялдаса хадуб райцентралъул гӏумру батӏаго лъикӏлъилин. «Гьаб нижер росу буго, нижер лъималги гьанир гьару на ва гӏолел руго» абураб пикру щулалъизе буго гьоркьохъеб гӏелалъул.\n«Нуралда тӏад нурги лъун»\nГьалбал разилъизари — гьеб буго дагъистаниязул бидулъго бессараб хасият. Шамил районалъул жамагӏаталъ цӏикӏкӏараб кӏвар кьун букӏана гьеб рахъалдеги. Хӏебде щварал гьалбадерил гӏемерисел зияраталъ унел рукӏана тӏарикъаталъул устарзаби рукъарал росабалъеги.\nГӏайшат Нурмухӏамадова, Дагъистаналъул динияб идараялъул вакил:\n— Шамил районалъул гӏорхъоде щолаго, ракӏалде рачӏана «Нуралда тӏад нурги лъун Нур-Мухӏаммад лъугьана» абурал, хирияв аварагасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб цо назмуялдаса мухъал. Нуралдаги нур барал къоял руго нужер баракатаб ракьалда. Нужеца гьабун бугебщинаб берцинлъиялдаса йохана, аварагасда хурхараб ишалъе нилъеца кигӏан кӏудияб хӏалтӏи гьабуниги, гьебги дагь бугин ккола дида. Дагъистаналда гӏадин, Мухӏаммад аварагасул умматалдаса ратиялдаса разилъиялъ рохел гьурмада гвангъарал, ишазулъ гьеб загьирал гӏадамал цоги бакӏалда дида рихьичӏо. Умумузги къиматалда цӏунун нилъехъе щвараб, хирияв аварагасде бугеб рокьи, аманат васият гьабун тела нилъецаги хадусел гӏелазе. Гӏисиназул тӏалаб, чӏахӏиязул адаб гьаби, устарзаби рокьулеллъун рукӏин — гьебги буго аварагасул адаб-хӏурмат цӏуни.\nГьел къояз Хӏебда бихьизабуна, Казбек районалъул халкъияб театралъ гӏуцӏараб, Мухӏаммад авараг (с.гӏ.в.) Мадинаялъул агьлуялъ къабул гьави ракӏалде щвезавулеб сценкаги. Гьеб постановка хӏадурана Мухӏамад Дудуевас. — Кутакалда берцинаб хӏадурлъи гьабун батана Шамил районалъ. Ниж гьенире щвана, кӏиго анкьалъ макьу-хӏалхьи лъачӏел, Казбек районалъул ракьалдаса аварагасул асарал иналдаса пашманлъарал ракӏалгун, — ин бицана Мухӏамадица. — Хӏебда рещтӏиндал, свак чучараб гӏадин лъугьана, рохелги цӏилъана, цӏидасан гьеб ахӏвал-хӏалалда гьор- кьор рукӏине щун. Гьанже ниж унел руго Хучниялде, добго сценка Табасараналъул халкъалда бихьизабизе.\n17 апрелалда, Шамил районалъул жамагӏат къватӏибе бахъун, хириял асарал тӏоритӏана Табасараналъул ракьалде.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "22971-rosabaze-giumru-giadamaze-khialtii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=22971-rosabaze-giumru-giadamaze-khialtii", "title": "Росабазе — гӏумру, гӏадамазе — хӏалтӏи", "date": "2023-04-27 10:12:32", "categories": ["kaziyat"], "text": "Церечӏарал масъалаби гӏунги тӏокӏ ругониги, республикаялъул росдал магӏишаталъ ахирал соназда рихьизарулел руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал. Хасго лъикӏал хӏасилал руго цӏибил ва пиринчӏ гӏезариялъулъ. Кинаб хӏалха бугеб щибаб районалда?\nГъуниб\nРайадминистрациялъул росдал магӏишаталъул отделалъул нухмалъулев Ахӏмад ХУЧИРОВ:\n— Районалъул росдал магӏишаталъул аслияб бутӏа буго гӏи-боцӏухъанлъи. Гьелъ ккола валовияб (гӏаммаб) продукциялъул 67 процент.\nРайоналда буго 21 СПК, 40 КФХ ва 7448 ЛПХ. Гьенив хӏалтӏула 7750 чи.\n2022 соналда гӏезабураб продукциялъул гӏаммаб багьа бахана 2,7 млрд гъурщиде. Гьебго заманалда районалъул АПКялъе гьабураб пачалихъияб кумек бащалъана 84,8 млн гъурщида. Гьелда гьоркьоса 70,3 млн гъурущ щвана гӏи-боцӏухъанлъиялъе.\nГъоркьиса бана 800 тонна тӏорщалил цӏунизе рес кьолеб склад. «Щулани» ва «Обох» СПКязда къачӏана фермаби, М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб агрофирмаялда бана гӏухьбузе ункъо мина, гьенибго гьабизе байбихьана лъабазарго бетӏер гӏицӏцӏаназул хъулухъ тӏубалеб май- дан. Бечӏчӏана 37320 тонна рахь- дал (планалда букӏаралдаса 0,3 проценталъ цӏикӏкӏун), гӏезабуна 6274 тонна гьанал (0,5 проценталъ цӏикӏкӏун), къунцӏана 510 тонна квасул (2021 соналда букӏаралде дандеккуни — 0,4 проценталъ цӏикӏкӏун).Магӏишатазда букӏана: чӏегӏербоцӏи – 30,5 азарго бетӏер (планалда букӏаралдаса 0,3 проценталъ дагь), гьезда гьоркьоса гӏачи — 16933 бетӏер, гӏи-цӏцӏани — 150 азарго бетӏер, гьезда гьоркьоса чахъу – 104,5 азарго бетӏер. Могьолал культураби хьан руго 1600 гектаралда.\nИсана ихдал беги- зе, хьон хьазе буго 4276 гектаралда, гьелда гьоркьоса пиринчӏ — 1500 гектаралда, картошка — 227 гектаралда, хурдул — 145 гектаралда, люцерна — 845 гектаралда. Районалъул АПКялда, киналго магӏишатазда церечӏарал аслиял масъалаби ккола: гӏи-боцӏухъанлъиялъул специалистал, гӏухьби, дояркаби гӏунгутӏи, гьел щунгутӏи; гӏарцул мукъсанлъи; гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел ракьазул багьа (ижара) тӏадеялдаса тӏаде бахунеб букӏин.\nГумбет\nРайадминистрациялъул росдал магӏишаталъул управление:\n— Гьабсагӏаталда районалда бу го 9 СПК, 21 КФХ ва 6025 ЛПХ. Гӏезабураб продукциялъул 82 про- цент кьола гӏи-боцӏухъанлъиялъ, 18 процент — хурухъанлъиялъ.\nМагӏишатазда буго 32115 бетӏер чӏегӏербоцӏул ва 168100 бетӏер гӏицӏцӏаназул, 2710 чу, 33100 гӏанкӏухӏелеко, 6130 найил тӏала. 2022 соналда районалда гӏезабуна: гьан (чӏагояб цӏайи) — 6204 тонна, рахь — 207510 тонна, хоно – 4,5 млн штук, къунцӏана квас — 307 тонна. Гьезул гӏаммаб багьа ккола 1,8 млрд гъурущ.\nГъоркьиса районалда бакӏарана: могьолазул — 3190 тонна, картошкадул — 2860 тонна, овощазул — 1960 тонна, пихъил — 3472 тонна, бахчабазул — 1498 тонна. Гьезул гӏаммаб багьа бахана 200 млн гъурщиде.\nХӏалтӏул соналъул хӏасилал квешал гьечӏониги, гьел дагьалги лъикӏал рукӏиналъе, хӏалтӏул даража жеги лъикӏлъизабиялъе руго гӏезегӏан масъалаби. Масала, кредитал щвезе захӏмалъи; гӏезабураб продукция цӏакъго гӏодобегӏанаб багьаялда босулеб букӏин; бакӏарараб пихъ ва овощал цӏунизе бакӏал (хӏажатал шартӏал ругел складал) гӏунгутӏи; гьава-бакъалъул шартӏал захӏмалъулел рукӏин.\nГьебго заманалда районалда руго росдал магӏишат цебетӏеялъе пайда босичӏел ресал ва сурсатал. Гьел ккола хӏалтӏулъ цӏиял къагӏидаби ва технологиял рилълъанхъиза- ри, рехун тарал ракьал пайдаялда хӏалтӏизари, гӏезарурал нигӏматал районалдаго къачӏаялъе ресал ралагьи.\nИсана ракӏалда буго могьолал культураби (хасало ва ихдал хьалел) хьараб гӏатӏилъи 1050 гектаралде бахинаби; кӏвар кьезе ихдал магӏарухъ хьалел могьолазул культурабазде, цӏикӏкӏинабизе гьел хьа- раб ракьалъул гӏатӏилъи; харибакӏал пайдаялда хӏалтӏизариялда хадуб хасаб бербалагьи букӏинабизе.\nГъизилюрт район\nРайоналъул росдал магӏиша талъул управлениялъул нухмалъулев Гӏали КАМИЛОВ:\n2022 соналда районалда гьабураб хӏалтӏул 69,9 процент ккола хурухъанлъиялъ ва 30,1 процент гӏибоцӏухъанлъиялъ.\nРайоналъул АПКялда руго: 17 СПК; батӏи-батӏиял тайпабазул 132 КФХ; 26780 ЛПХ; 5 СПоК (СПКабазул тайпа); 1 рахьдал завод; рахь къачӏалеб 3 цех; 2 консервабазул завод; ЗАО. Хайиралда хӏалтӏулел магӏишатазул процент бахана 90-ялде, магӏишатияб ракьалъул гӏатӏилъи хӏалтӏизаби бащалъана 98,8 проценталда (ракьалъул 1,2 процент гурони рехун тун гьечӏо).\nГъоркьиса районалда бакӏарана: могьолазул – 7117,8 тонна (1 гектаралдаса 27,4 центнер); картошкадул — 11291 тонна; овощазул — 90066 тонна; цӏолбол – 6382,2 тонна; пихъил – 6957,9 тонна. Гӏезабуна: гьан — 7210 тонна (цебесеб соналдаса 4,5 проценталъ дагь); бечӏчӏана рахь – 27415,3 тонна (4,2 проценталъ цӏикӏкӏун); хоно – 1,6 млн штук (850 азарго хоноялъ дагь); къунцӏана квас – 190,7 тонна (9,2 тоннаялъ цӏикӏкӏун).\nРайоналда буго 21191 бетӏер чӏегӏербоцӏул (13020 гӏака), 77178 бетӏер гӏи-цӏцӏаназул, 1148 чу ва 48611 гӏанкӏу-хӏелеко.\nГьоркьохъеб хӏисабалда лъагӏалие цо гӏакдадаса районалда бечӏчӏула 2227 литр рахьдал, 100 гӏакдада хадуб цӏунула 83 бече, 100 чахъуялда хадуб — 89 кьегӏер.\nХадурагӏи\nГьадинабго хӏисаб-суал гьабила цогидал районаздасаги, магӏишатиял идарабаздасаги нижеца хадусел номеразда.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "23034-shchibab-rag-rak-lidal-un-l-ugiula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23034-shchibab-rag-rak-lidal-un-l-ugiula", "title": "Щибаб рагъ ракълидалъун лъугӏула", "date": "2023-05-02 11:08:51", "categories": ["kaziyat"], "text": "Дагъистаниял – ватӏан бокьулезул цебесеб кьерда\n«Рагъалъ бихьиназдасаги руччабаздасаги магъало бахъула цого къагӏидаялда. Амма бихьиназдаса босула биялдалъун, руччабаздаса – магӏуялдалъун».\nГьединаб буго халкъияб кици. Гьеб битӏараб букӏин бихьизабулеб буго нилъер жакъасеб гӏумруялъги. Украинаялда хасаб рагъулаб операция Россиялъ байбихьаралдаса ана лъагӏелги кӏиго моцӏги. Гьениб кӏиябго рахъалдасан кколел руго камиялги.\nДагъистаналдаса гьеб операци- ялда гӏахьаллъи гьабулеб буго нус-нус чияс. Къокъабго заманалда жа- ниб нилъер республикаялдаса рагъулъ бахьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло Россиялъул Бахӏарзаллъун рахъана анкьго бихьинчи. Гьел ккола Кули районалдаса гьеб рагъулъ тӏоцевесев Россиялъул Бахӏарчилъун вахъарав Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов (1996-2002), Хив районалда- са Эседулла Абачев (1968), Табасараналдаса Руслан Къурбанов (1996) ва Исрафил Мухӏамадов (1981-2022), Ахти районалдаса Энвер Набиев (1988), Дербенталдаса Михаил Абраменко (1978-2022) ва Тарумовка рай- оналдаса Шамил Мухӏамадов (1991-2022). Гьезул ункъояв гьеб цӏаралъе мустахӏикълъана гӏумруялдаса ратӏалъун хадуб.\nХӏажат бугищ халатбахъинабизе?\nГьабсагӏаталда Россиялда све- рухъ Америкаялъ ва гьелъул чукъ- буз гьабулеб бугеб жо бихьараб ме- халъ лъилниги щаклъизе бачӏунаро гьеб Россиялде данде цебего ургъун гьабулеб питна букӏиналда. Кин- ха кьал байбихьараб? Кколеб бу- геб жоялъул пикру гьабуни, абизе бегьула нилъер улкаялда сверухъ политикияб ахӏвал-хӏал хӏалуцине байбихьанин СШАялъул президент Джо Байденица Россиялъул президент В. Путин «рагъулав такъсирчи» вугилан абуралдаса хадуб.\nГьелъ кӏиябго улкаялъул дипломатиялда жаниб бижизабуна кӏудияб кьал. Байбихьудасаго кколеб букӏана гьел рагӏаби Байденихъа ццидакье абун рорчӏарал ратилин ва гьелде кӏварго кьезе ккеларин абун. Амма хадуб ккарал лъугьа-бахъиназ бихьизабу- на гьеб Россиялде данде гьабулеб информациялъулаб рагъул байбихьи букӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго жакъа дунялалъул информаци- ялъулал сурсатазда Америкаялъул рахъ кколел улкабаз Россиялде гьабулеб хасаб гьужум къотӏизе толеб гьечӏолъиялъги. Хӏакъикъиял рагъулал такъсирчагӏи щал кколелали лъазе ккани, Кубаялдасан (1906), Никарагуаялдасан (1912) байбихьун Йеменалде (2015) щвезегӏан батӏибатӏиял улкабазда Америкаялъ гьабураб пасалъиялъул халгьабидал, гьел якъинго рихьула.\nРоссиялде гӏайиб рехи — гӏадатияб иш\nБайденил кӏалдиса гьел рагӏаби аралго, Украинаялъ байбихьана Донбассалда сверухъ жидерго аскарал щула гьаризе ва гьенир ракълилаб гӏумруялда ругел гӏадамазул минабазде, халкъ буссунел жамгӏиял идарабазде кьвагьдезе. Гьебги хӏисабалде босун, Росси- ялъ байбихьана жиндирго гӏорхъаби рахинчӏого, Крымалъул рахъал- да рагъулал хӏалбихьиял (учени- ял) гьаризе. Бакътӏерхьул улкабаз рикӏкӏана Россия Украинаялде кӏанцӏизе хӏадурлъулеб букӏиналъул хӏужа бугилан.\nГьебго заманалда щибго бицунеб букӏинчӏо Украи- наялъ Донбассалъул, Донецкалъул халкъиял республикабазул расги гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏваялъул хӏакъалъулъ. Гьебго заманалда Байденица Бакътӏерхьул улкабазда лъазабуна Россиялде данде гьарулел санкциял дагьалги къвакӏизаризе кколин абун. Гьелдаго цадахъ лъазабуна «Севе- рияб поток» чӏезабизе кколиланги. Польшаялъ, Болгариялъ, Великобританиялъ жидерго улкабаздаса Россиялъул вакилзаби нахъе ритӏана. Ахӏвал-хӏалалъухъ балагьун, Россиялъги СШАялъул санкциязде данде, жаваб хӏисабалда, тадбирал гьаруна. СШАялъул ва Европаялъул информациялъул алатаз ахӏи-хӏур бахъинабуна Россия киназего заралияб улка бугин абун.\nГьединаб лахӏзатги хӏисабалде бо- сун, Украинаялъ хиял гьабуна жалго бетӏергьанаб ядернияб ярагъ тӏалаб гьабизе ва НАТОялъул блокалде лъу- гьине. НАТОялъги Россиялде данде рагъ хӏалуцинаби мурдалда гьелъул рахъ щулаго ккола.\nГьеб заманалда Петербургалда нилъер хӏинкъигьечӏолъиялъул идарабаз ккуна Россиялъул спецслужбабазул хӏакъалъулъ балъгоял баянал ракӏарулев вукӏарав Украинаялъул жасус. Гьединал хӏужаби раккидал, Россиялъ Украинаялъул консул на- хъе къотӏула ва, жаваб хӏисабалда, Украинаялъ нилъер вакилзабиги нахъе ритӏана. Гьезул рахъккун Че- хиялъги, расги гӏиллаги гьечӏого, 7 соналъ цебе кьвагьизабураб жидер яргъил склад Россиялъул хӏалтӏи бу- гилан багьанаги батун, нилъер ди- пломатал улкаялдаса нахъе ритӏана. Гьелда бан Чехиялъулдипломатал нилъецаги нахъе гъуна.\nГьеб заманалда Донбассалда унеб букӏана тӏубараб рагъ, минометаз, минабаз чӏвалел, лъукъулел рукӏана ракълилал гӏадамал. НАТОялъул ул- кабаз Россиялъул гӏорхъода чӏезавун вукӏана 40 азарго рагъухъан ва Польшаялде витӏана анцӏ-анцӏ ис- требитель. Донбассалда рагъулезда гьоркьор гӏемерлъана Канадаялдаса, Великобританиялдаса, Польшаялда- са НАТОялъул инструкторал.\nГьабураб къотӏиялъе рекӏкӏ\n2022 соналъул маялда Зеленскиясул чукъбуз, Белоруссия «агрессор» бу- гиланги абун, 2014 соналъул 5 сентя- бралда Минскиялда гьарун рукӏарал къотӏи-къаяздаса тӏубанго инкар гьабуна ва хадубккун гьез ДНРгун ЛНРалда кьвагьи къотӏизабиялъул комиссиязда гӏахьаллъи гьаби чӏезе тана ва гьел республикабазул гӏорхъоде цӏикӏкӏарал рагъулал къуватал цӏана. СШАялъ хӏукму гьабуна Украинаялъе танказде, гумузде данде хӏалтӏизарулел гуч цӏикӏкӏарал яргъилал къуватал кьезе. Гьединлъидал гьез Донбассалда гӏатӏидал рагъулал гьужумал гьари дагьабги мухӏканлъана. Гьеб киналъго якъинго бихьизабула, Украина гӏиллаялъеги бачун, Россиялъулгун тӏубараб информациялъулаб рагъ гьабизе Америка цебего хӏадурун букӏаниги, гьелъул жо кколеб гьечӏеблъи. Гьелъие къваригӏун букӏана кинабго Бакътӏерхьул улкабазул халкъазда Россия квешаб бералдалъун бихьиза- бизе ва Украинаялъ, Россиялде дан- де цебего хӏадурун букӏараб рагъги, Россиялъул гӏайибалдалъун байбихьанилан чӏезабизе. Гьебин абуни ккола СШАялъ нилъер пачалихъалде данде киналниги магӏишатиял бутӏабазда санкциял лъазариялъе багьана. Гьеб киналъулго мурадги буго XХӀ гӏасруялда Россиялъул цебетӏей чӏезабизе.\nНилъер улкаялде данде битӏахъегояб рагъ гьабизе Америка ва гьелъул чукъби, узухъда, рахъинаро. Щайгурелъул Россия буго къуватаб ядернияб яргъил пачалихъ. Амма киналго халкъазе бокьун буго рагъулаб операция хехго лъугӏизе ва цере вацал гӏадин рукӏарал Россиялъул ва Украинаялъул халкъазда гьоркьоб рекъел гьабизе.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ, Халкъазда гьоркьосеб Жамгӏияб палатаялъул член"}
{"slug": "23077-ran-rakh-inchiel-ob-ektal-reestralde-bosichieb-mal-mulk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23077-ran-rakh-inchiel-ob-ektal-reestralde-bosichieb-mal-mulk", "title": "Ран рахъинчӏел объектал, реестралде босичӏеб мал-мулк", "date": "2023-05-05 13:06:21", "categories": ["kaziyat"], "text": "Гьал къоязда тӏобитӏараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда гьор- кьор лъун рукӏана ран рахъинчӏел объектазулги, туризмалъулги, ин- санасул ихтияразулги, цогидалъулги суалал.\nГьедин ДРялъул Хӏисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулев Билал Жахӏбаровас бицухъе, 2022 соналда миллиял проектал гӏумруялде рахъинаризелъун харж гьабун буго 35 889 млн гъурущ.\nАмма цо-цо мини- стерствабазул, ида- рабазул нухмалъу лез тасамахӏлъи биччаялъ, жиндир за маналда тӏоритӏун гье чӏоан гьезда хурхарал конкурсал, къотӏикъаял. Гьелъ харж гьа бичӏого хутӏун буго цоцо проектазе биччараб гӏарацги.\nМасала, гъоркьиса- ла байги бихьун, исана рагӏалде бахъине кколаан «Современная школа» абураб проекталъул 17 объект. Амма гьезда гьоркьоса гӏицӏго лъабгоялъул гурони щвалде щун хӏадурун рахъун гьечӏо документал. Хутӏараб 14 объекталъул иш нухда хутӏун буго.\nЯсли-ахал раялъул хӏалтӏиги хадуб бехъерхъун буго. Гьедин гьанжеялдего хӏалтӏизе биччазе кколеб букӏараб 57 объекталъул анлъгояб исана соналде бахъана. Сахлъи цӏуниялъул объектал разениги ремонтал гьаризениги биччан букӏана 4 610 млн гъурущ.\nГьебги цо-цо бакӏазда тӏубанго харж гьабизе бажарун гьечӏо. Масала, республикаялъул онкологиялъул централда базе кколаан цойги корпус.\nБакӏал разе тӏаде росарал организациязул лъикӏаб гуреб бербалагьиялдалъун, къотӏи-къай хвезабурал хӏужабиги ккун руго. Гьеб гӏиллаялъ бажарун гьечӏо Гӏахьвахъ районалдеги Южно-Сухокумскиялдеги лъим бачине. Гьединго республикаялъул мал-мулкалъул реестралде босун буго цебеккун хӏисаб гьабичӏого тун букӏараб 530 млн багьаяб буголъиги. Гьелда бан цо-цо нухмалъулезе бадирчӏваялги гьарун руго.\nДепутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас тӏадчӏей гьабуна туризмалда. Гьесул пикруялда рекъон, туризм цебетӏунагӏан магӏарухълъиги цӏилъизе буго. Депутат Руслан Ибрагьимовас борхана ясли-ахаздагун школазда медхӏалтӏухъаби гьечӏолъиялъул суал. 1403 школалда гьоркьоб гӏицӏго 327 школалда гурони гьечӏила гьел. Гьес гьарана республикаялъул бюджеталдаса гӏарацги биччан гьенир гьел хӏалтӏуда теян.\nДРялда инсанасул ихтиярал цӏунулев официалияв вакил Жамал Гӏалиевас бицана гъоркьиса дагъистанияз гьесухъе 1273 гӏарза бачӏараблъи. Аслияб куцалда гьел руго рукӏа-рахъиналъул шартӏал хвезариялда, тохтурзабазул кумек щунгутӏиялда, лъай кьеялда, бесдалазда, мобилизациялъ ритӏулезда хурхарал гӏунгутӏаби.\nУчительзабазегун медицинаялъул хӏалтӏухъабазе харжал мукъсанал рукӏиналъул суалалдеги кӏвар буссинабуна омбудсменас. Инсанасул ихтиярал цӏуниялъул хӏалтӏул жеги лъикӏаб хӏасил ккезелъун жидер депутаталгун цадахъ батӏи-батӏиял муниципалитетазде гӏадамалгун дандчӏвазе анани, лъикӏ букӏинаанин абураб пикруги загьир гьабуна гьесие Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Заур Аскендеровас.\nЗ. ХӏАЖИЕВА"}
{"slug": "23078-bergenl-abazul-khiokiazdasan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23078-bergenl-abazul-khiokiazdasan", "title": "Бергьенлъабазул хӏокӏаздасан", "date": "2023-05-05 13:09:48", "categories": ["kaziyat"], "text": "Гӏумруялъул квацӏи берцин гьабулел тӏугьдузул цояб ккола гӏолохъанлъи. Гьелъул гьуинаб махӏалъ цӏезабун букӏуна сверухълъиго. Гӏолохъанлъиялъул гӏидраялда гьоболлъи бачӏев инсанги вукӏинищха. Гьекъон къеч хьвалареб гьелъул берцинлъиялдаса бер гӏорцӏуларого ругел нилъеда лъазего лъачӏого ун батула гӏумруялъул гьеб лахӏзат. Ва гьеб хӏикматаб гӏидра даим хутӏула нилъер ракӏалдещвеязулъ.\nБокьула диеги гьеб гӏидраялде щвезе, гьелъул гьуинлъи цӏузе. Гьаб нухалда дие гьединаб талихӏ сайгъат гьабуна Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа, Махӏачхъалаялъул №39 лицеялъул 11-абилеб классалъул цӏалдохъан Гӏайшат Мухӏамадовалъ. Дагьалъ цебе Тӏолгороссиялъулаб экологиялъул олимпиадаялъул призерлъун яхъарай гӏолилай, бергьенлъи баркизе, нижеца ахӏун йикӏана редакциялде.\n— Гӏолохъанлъи кидаго букӏуна гьайбатаб. Гьелда лъаларо хӏинкъикъай. Гьелъ гӏанлъун рехула кигӏан щулиялги кьураби. Сангарлъун чӏола гьеб бокьараб захӏмалъиялда цебеги. Гӏолохъанлъиялда свакги лъаларо, гӏодоб кканиги, галадизеги галадуларо. Гьеб кӏанцӏун тӏаде бахъуна ва гьорол хехлъиялда цебеги уна. Гьелда хадуй гъезе ккани, масала, дирги кинабха букӏине кколеб хехлъи, — ян байбихьана Гӏайшатица жиндирго хабар.\nЖеги гьитӏинго йигониги, цӏубарал пикрабазул гӏолилалъул анищал тӏегьалел руго. Тӏадегӏанас цӏунагиха гьел гӏумруялъул бураназдасаги горо-цӏералдасаги. Гӏайшат гӏемер гӏахьаллъана батӏи-батӏиял предметазулал олимпиадабазда. Муниципалияб бутӏаялда бергьарай гьей гӏахьаллъана регионалияб бутӏаялдаги. Гъоркьисаги гӏахьаллъана Гӏайшат Тӏолгороссиялъул экологиялъул конкурсалда. Гьеб тӏобитӏун букӏана Казаналда.\n— Гьеб дие букӏана исанасеб олимпиадаялде рагьараб нухлъун. Гьениб щвана дие гӏемер хӏалбихьи, лъана чанги цӏияб жо. Татарстаналда руго лъаялда тӏад чӏарал гӏолилал. Республикаялъ кӏварги кьолеб буго гьезде. Материалияб рахъалъги ку- мекги гьабулеб буго, — ян бицана Гӏ. Мухӏамадовалъ. — Гьал ахирал сона- зда кӏвар кьолеб буго республикаял- даги пагьму-гьунар бугел гӏолилазде. Гьабулеб буго гӏарцулаб кумекги. Гӏарцуе гӏоло цӏалулел гьечӏониги, гьелъги гъира базабула\nДагьай цеегӏан, призалъулаб бакӏги ккун, ватӏаналде тӏадюссун ячӏарай гӏолилалда Махӏачхъалаялъул аэропорталда дандчӏвай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас, министра- сул тӏоцеесей заместитель Аида Тӏалхӏатовалъ, Махӏачхъалаялъул мэрасул ишал тӏуралев Ризван Гъазимухӏамадовас, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул на- чальник Мурад Шафиевас, гӏагабожараз, лицеялъул нухмалъиялъ. Гӏайшатица школа лъугӏизабулеб буго меседил медалалда, гьелъул анищги буго Москваялде, И. М. Сеченовасул цӏаралда бугеб медуниверситеталде цӏализе лъугьине.\nАбула, лъимадул талихӏалда бараб бугин эбел-инсулги талихӏилан. Шамилилги Асиятилги талихӏалда хӏакъикъаталдаги баана къисматалъ. Гьезие кӏудияб талихӏлъун буго ясалъул тӏоцебесеб бергьенлъи.\nНиж гара-чӏварулаго тӏаде ячӏарай шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъги пайдаяб хабар бицана гӏолилалъе.\nГӏайшатил лъай-хъвай ккана газеталъул бетӏерай редакторалъул ишал тӏуралей Зульфия Хӏажиевалъулгунги цогидал хӏалтӏухъабазулгунги.\nГӏайшатил эбел Асиятги ккола Махӏачхъалаялъул №25 ясли-ахалъ- ул заведующая, эмен — Шамилги хӏалтӏулев вуго муниципалияб кон- тораялъул административиябгун техникияб госинспекциялъул управлениялда.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ баркула Гӏайшатида, гьелъул эбел-инсуда, №39 лицеялъул коллективалда гьеб бергьенлъи."}
{"slug": "23081-mugirul-rosabi-tseretiezarize-giartsuda-barakhshchuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23081-mugirul-rosabi-tseretiezarize-giartsuda-barakhshchuge", "title": "«Мугӏрул росаби церетӏезаризе гӏарцуда барахщуге»", "date": "2023-05-05 14:47:52", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кавказалъул регионазде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе гьесизаруна инвесторал\n3-4 маялда МинВоды шагьаралда тӏобитӏана «Кавказалъул инвестициялъулаб выставка» абураб кӏудияб тадбир. СКФОялъул регионал экономикияб рахъалъ церетӏеялъул мурадалда ахӏараб гьеб тадбиралъ данде гьавуна 3000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи. Гьезда гьоркьор рукӏана республикаялъул нухмалъулел, хӏакимзаби, бизнесменалгун инвесторал, пачалихъиял хӏаракатчагӏи. Хӏасил-калам, кӏудияб чӏаголъи букӏана МинВодыялъул дармилаб централда жаниб кӏиябго къоялъ. Выстакваялде вачӏана РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинги. Гьединго Москваялъул Хъахӏаб Рокъоса гӏезегӏанго хӏакимзабиги.\n«Хьитал гьарулезул шагьар», Махӏачхъалаялъул дармил порталъул цӏиял сапарал ва Мишустиница Расулил кучӏдул лъазаризе бугеб къасд\nДагъистаналдасаги цӏакъ кӏудияб делегациялъ гӏахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда. Республикаялъул бетӏер Сергей Меликовасул ва хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул бетӏерлъиялда гъоркь вице-премьеразул ва министрзабазул саламатаб къокъа букӏана гьенибе ун. Гьединго гьеб вывставкаялда гӏахьаллъи гьабурал республикабазда гьоркьоб бищун лъикӏаб стенд Дагъистаналъул букӏанин хъвана гӏемерисел информалатаз. Хӏакъикъаталдаги цӏакъ лъикӏ хӏадурун ругоан нилъер республикаялъул вакилзаби гьеб тадбиралде. Кӏиябго къоялда жаниб гьел дандчӏвана рикӏкӏен гӏемерал инвесторалгун. «Газпром-Медиа» ва гьелъулго гӏадаб даражаялъул анцӏ-анцӏ машгьурал бизнес-корпорациялъул вакилзабазулгун хъвана къотӏи-къаял.\nВыставка рагьараб тӏоцебесеб къоялъго Дагъистаналъул стендалде аскӏове вачӏарав РФялъул премьер Михаил Мишустиница кӏудияб къимат кьуна гьелъие. Сергей Меликовас улкаялъул хӏукуматалъул нухмалъулесе бицана Дагъистаналъ гьеб тадбиралде бачӏун бугин 30 батӏияб проектин абун. Мисалалъе босани, республика экономикияб рахъалъ цебетӏеялъул мурадалда хӏадур гьабураб экономикияб моделалъулгун лъай-хъвай гьабуна РФялъул премьер-министрас гьеб выставкаялда. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола «Город обувщиков» абураб кӏудияб проекталъги.\nДагъистаналда гьабураб хьит гьанже дунялалдаго лъала. Хасго Европаялъ санкциязул гизма лъазабуралдаса хадуб цӏакъго машгьурлъанин гьел дунялалдаян бицана «Хӏакъикъаталъе» ДОФ (Дагестанская Обувная Фабрика) абураб кӏудияб предприятиялъул нухмалъулев Фейсал Гӏалишаевас. Республикаялдаго бищун кӏудияб хьитал гьарулеб фабрика буго гьесул, 300 чи жанив хӏалтӏулеб.\n— Махӏачхъалаялда гьабсагӏаталда буго 4 предприятие нижеца гӏадин рагъулаб ретӏел-хьит гьабулеб. Заказал хехго кьезе ккола, гьединлъидал ниж хӏалтӏула полуфабрикатал риччалел гӏуцӏабигун. Гьел хехго гьарун лъугӏула. Жакъа киса-кибго гьукъа-къаял, санкциял рукӏиналда бан, ретӏел-хьит цӏикӏкӏараб къадаралда хӏажалъулеб буго. Цебе нижер конкурентал рукӏана Китаялда. Гьанжейин абуни, гьенисаги цебе гӏадин гьарзаго бачӏунеб гьечӏо къайи-къоно. Гьединлъидал, коронавирусалъул пандемиялъул заманалдаса нахъего нилъер промышленность цебетӏун унеб буго. Ретӏел-хьиталъул цӏех-рех 50 проценталъ цӏикӏкӏана. Дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалги роцӏун, гӏурхъаби рагьараб мехалъ, рес буго нилъер промышленносталъул иш 90-абилел соназ гӏадаб ахӏвал-хӏалалде ккезеги, ай конкурентал цӏикӏкӏинеги.\nЖакъа букӏараб дандчӏваялдаса хадуб дида бичӏчӏана Северияб Кавказ цебетӏолеб букӏин. Битӏун бицани, дида цебеккун, мисалалъе, нилъер республикаялдехунги, жибго Кавказалдехунги хӏукуматалъул гьадинаб бербалагьи бихьун букӏинчӏо. Сон бихьаралдаса хадуб кутакалда ракӏ бохана.\nДун гьениве ун вукӏана инвестициял тӏалаб гьаризе мурадалда гурев, дунго инвестор хӏисабалда. Фабрика цебетӏезабизелъун, дицаго лъуна гьениб инвестициязул кӏудияб къадар ва гьелдасаги пашманлъичӏо. Рукӏана батӏи-батӏиял пикраби, кибедай гӏарац биччан лъикӏилан абун. Бищунго лъикӏаблъун дида бихьана гӏагараб Дагъистаналда фабрикаги рагьун, гьенибе гӏарац биччазе. Узухъда, щивав инвесторасул гьелъие байбихьи лъолаго васвасал рукӏуна, кьеладай гьелъ хайир ялъуни хӏурудахъ гӏарацги ун, бакъалдадай хутӏилевин абурал. Амма дун мекъи ккечӏо ва дицаго тӏамураб галиялдаса пашманго хутӏичӏо. Жакъа дир фабрикаялда хӏалтӏулев вуго 300-гӏан хӏалтӏухъан. Республикаялдаго бищун кӏудияб фабрика буго жакъа нижер. Амма гьелдалъун гӏей гьабичӏого дида ракӏалда буго гьеб дагьабги бечед гьабизе ва къватӏибе биччалеб къайи-цӏа цӏикӏкӏинабизе, — ян бицана Фейсал Гӏалишаевас.\nАмма цохӏо инвестициязул рахъалъ хӏадур гьарурал проектаздалъун гуребги, маданияб бутӏаялъул рахъалъги бечедаб букӏана Дагъистаналъул стенд. Расул Хӏамзатовасул нусго сонилаб юбилеялда хурхун, кӏудияб программа хӏадур букӏана выставкалде. Гьелъги кӏудияб асар гьабуна улкаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустиние. Сергей Меликовасулгун букӏараб дандчӏваялда гьес абуна кӏудияв шагӏирасул асарал ракӏалдаса лъазаризе ният кканин жиндирилан.\nВыставкаялда чанги Дагъистаналъе пайда бугеб ишазул бицен гьабуна. Мисалалъе босани, Махӏачхъалаялъул дармил порталъул рес бугин хур беэн гьабулел удобрениял ва гьединго цӏул-цӏа къватӏисел пачалихъазде баччизеян бицана С. Меликовас.\nГьеб мурадалда кӏалъа-ралъаял гьарун руго Иран, Азербайжан, Гӏиракъ ва цогидалги бакъбаккул рахъалда ругел пачалихъазулгун.\nРосабазул гӏузраби цоги нухалъ рагӏизаруна Москваялда\nУнкъабилеб маялда, ай выставкаялъул кӏиабилеб къоялъ, тӏобитӏараб «СКФОялъул экономикаялде цӏиял инвестициял» абураб пленарияб дискуссиялда спикерлъун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов.\nМугӏрул росаби цӏикӏкӏун инвестицияздалъун хьезаруни, нуж пашманлъиларин абураб пикру рагӏизабуна гьес выставкаялъул вакилзабазда.\n— Кавказалъул мугӏрузул регионазул хаслъи ккола гьел тӏабигӏияб рахъалъ бечедаллъунги берциналлъунги рукӏин. Роцӏцӏараб гьаваги, цӏорорал иццалги, гӏалам хӏайран гьабулеб бечедаб мацӏги, маданиятги тарихги – гьеб кинабго буго жакъа доба. Гьединлъидал гьезие чара гьечӏого хӏажат буго экономикияб рахъалъул цебетӏей.\nСКФОялъул регионазда ралъдал гьумералдаса 500 метралъул борхалъиялда буго 1700 гӏанасеб росу-ракь. Дагъистаналда гӏумру гьабун ругезул абуни халкъалъул лъабил бутӏаялъ гӏумру гьабун буго магӏарухъ. Гьединлъидал инвестициял къабул гьариялъул рахъалъ гьезул ресал цӏикӏкӏарал руго. Гьезул рукӏа-рахъиналъул суалал тӏуразеги, тарихгун маданият цӏунизеги гьенибе биччараб гӏарцул пайда цӏикӏкӏун букӏина, — ян абуна Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.\nКавкзалъул инвестициязулаб выставкаялда гьединго гӏатӏидго бицана СКФОялъул регионазда туризм цебетӏезабизе букӏиналъулги. Хас гьабун Дагъистаналда гьеб рахъалде кьолеб кӏваралъул бицана МинВодыялда букӏараб тадбиралда.\nСергей Меликовас РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинилгун букӏараб дандчӏваялда абуна исана ракӏалда бугин кӏиго миллион турист къабул гьавизейилан абун. Гьезие санагӏатал шартӏал чӏезаризе тадбир гьабулеб, гьалбадерил рукъзал ралел ва гьеб гуребги гӏемерал хӏалтӏаби гьарулел ругинги бицана Дагъистаналъул нухмалъулес.\nВыставкаялъул хӏасилал гьарулаго РФялъул Экономкияб цебетӏеялъул рахъалъ министерствоялъул нухмалъулев Максим Решетниковас абуна СКФОялъул регионал, соналдаса соналде инвесторазда лъикӏаб бералдалъун рихьулеб даражаялде рачӏунел ругин абун.\nХӏурматиял гьалбал хӏисабалда нилъер республикаялдаса машгьурал спортсменал Гӏабдулрашид Садулаевги Ислам Махӏачевги ахӏун рукӏана выставкаялде.\nСурат босана гьаниса: dagpravda.ru"}
{"slug": "23148-khergebderil-tajpayal-e-patent-l-itsa-keleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23148-khergebderil-tajpayal-e-patent-l-itsa-keleb", "title": "«Хьергебдерил» тайпаялъе патент лъица кьелеб?", "date": "2023-05-11 10:08:58", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Лезги тайпагун цолъараб Гъарабагъалъул гӏиял лъугьараб цӏияб тайпаялда «хьергебдерил» абун цӏар лъун буго Зайнулгӏабид Хӏусеновас.\nГьанжеялдаса 15 соналъ цеве, гьеб пикруги ракӏалде ккун, гӏиял хасаб наслу гӏезабизе лъугьарав гьесде квер хьвагӏулеб букӏун буго росуцояз, мун гӏадада гӏи хвезабулев чи вугилан.\nГьебги расги жоги лъачӏого гьабулеб жо букӏун гьечӏо Зайнулгӏабидил – зооинженериялъулги генетикаялъулги рахъалъ тӏадегӏанаб лъай щун буго гьесие, 1980 абилел соназул байбихьуда Махӏачхъалаялда росдал магӏишаталъул институтги лъугӏизабун.\nГьал къоязда Хьаргаби дандчӏвайдал, гьадин ракӏалде щвезабуна Зайнулгӏабидица нижее гьеб кинабго:\n— 2008 соналда байги бихьун, 2009 соналда гӏуна цӏияб тайпадул гӏиязул тӏоцебесеб наслу. Гьеб рахъалъ дие кумек щвана Росдал магӏишаталъул академиялъул кафедраялъул заведующий Сиражудин Хъараевасухъа. Генетикаялъул рахъалъ кумек гьарун ун вукӏана дун гьесухъе. Байбихьуда цӏияб гӏиял квас-рас букӏана чӏегӏераб, багӏарсурмияб. Гьедин поглотительный метод абулеб къагӏидаялдалъун ункъо соналдасан кӏвана дагь-дагьккун квасул кьер тӏубанго хъахӏлъизабизе. Щайин абуни, цӏияб тайпадул хъвай-хъвагӏай гьабизе ккани, гьеб цо хасаб кьералъул букӏине ккола: я чӏегӏераб, я хъахӏаб.\nХъахӏ гьабизе кӏваниги, гьеб квасуда гъорлъ хутӏун букӏана хвараб расги (собачья шерсть). Гьеб мехалда ун Гъарабагъалдегун, босана дозул куй, биччана гьеб гьанир ругезде. Ахирги гьедин бацӏцӏалъизабуна квас.\nДагъистаналда лезгиязул тайпаялъул кьагӏрил (бащдаб лъагӏел бараб) цӏайи букӏуна 12-16 кило. Гьазул абуни (хьергебдерил тайпаялъул кьагӏрил) — 14-20 кило. Гьеб ккола 25-30 проценталъниги тӏаде бачӏараб цӏайи.\nЦо заманалда, дов Сиражудин Хъараевги гӏумруялдаса ватӏалъун, квер хьвагӏун тун букӏана дица гьаб гӏиял тайпа гӏезаби. Хадур цо-цо чагӏи чӏана лъикӏаб тайпа бугоанила гъоб, мун щайдила цӏидасан гьелда тӏадчӏоларев абун. Гьедин жувана нахъойги гъобго тайпа гӏезабиялде. Росдал магӏишаталъул институталда (зооинженерияб факультеталда) цӏалулеб мехалда дидаго малълъун букӏанщинаб жоги ракӏалде щвезабуна, гӏелму цӏалулаго хадурккун риччан ккарал гъалатӏалги ритӏизаруна. Гьедин цӏидасан рухӏ речӏчӏана дица гьабулеб ишалда.\nХасго Шамил районалдаса чагӏаз байбихьана дир гӏиял росизе. Гьанже гьел руго жеги Унсоколо, Хьаргаби ва Лаваша районаздаги. Гьенирги гьадабго къагӏидаялдалъун гӏезарулел руго гьел – лезгиязулгун Гъарабагъалъул гӏиялги журазарун. Кире щвезегӏанги ун гьеб гӏи гӏезабизе ракӏалда батаниги, дица киназдаго цебе лъола цо шартӏ – цӏияб тайпаялда цӏар «хьергебдерил» абун лъезе кколилан. Гьелги разилъула. Дида рагӏана жибго цӏияб тайпадул хъвай-хъвагӏай гьабулила гӏиял щуазарго бетӏер бугони.\n— Дур кигӏанха бугеб?\n— Кьагӏигун цадахъ рикӏкӏани, микьнусгогӏан жо ккола.\n— Исана 16-19 маялда нилъер гьаниб тӏобитӏизе буго гӏи-цӏцӏаназул XХӀII абилеб тӏолгороссиялъул выставка. Гьенив гӏахьаллъуларищ мун?\n— Гьелъул цӏех-рех гьабулев вукӏаго, дун гӏадал чагӏи гьенир гӏахьаллъуларин бичӏчӏизабулеб букӏана дида цо бакӏалъан. Гӏи гӏезабулеб дунго бетӏергьанаб магӏишат гьечӏони, дун гьеб цӏияб тайпа гӏезабулев чилъун рикӏкӏунарин абулеб букӏана гьез. Амма хадуб росдал магӏишаталъул министерствоялдасан рес кьуна дие гьеб выставкаялда гӏахьаллъизе.\n— Зайнулгӏабид, гьебгощинаб гӏияда щиб дуца ургъулеб — гӏицӏго бичизейищ бичулеб, яги …?\n— Дица гьал гӏагарал къоязда жаниб рагьизе буго церетӏурал технологиял хӏалтӏизарулеб гьанал нигӏматазул тукен (Хьаргабисан Курмире сверулеб нухда – авт.). Масала, сагӏатгун бащадалда жаниб 65 градусалда гьан белъунеб къайи буго гьениб. Гьединго хӏалтӏизаризе руго витаминалги хвезе риччачӏого, цӏоройдул 60 градусалдалъун курак, микьир ва цогидал пихъал цӏуниги (шоковое замораживание), вакуумная упаковкаги, цогидалги къагӏидабиги.\nГьединго гӏезегӏан мех буго дица тушенкабигун, сокал, солениял къалел цехал рагьаралдасаги. Гьеб кинабго уна 2000 соналда дица гӏуцӏараб «Каспий» СПКялда гъорлъе. Гьелъул цӏаралдасан гӏахьаллъизе вуго дун гьадаб выставкаялдаги.\nГьаб цӏияб тайпадул гӏиял бицани, гьелдаса дие аслияб хайир щола мохмохалдаса. Лъабго лъагӏалидаса заман бараб мохмохалъул (цо килоялъул) багьа букӏуна 2 500 гъурущ. Дарудай мех барабгӏан босула гьеб.\nАбухъего, жакъа гӏадин ракӏалда буго гьеб мохмох къачӏалебги бакъвазабулебги куцалъул хӏакъалъулъ нижее Зубайров абурав преподавателас бицараб мех. «Коневодство» абураб дарс кьолаан гьес нижее. Гъоб мехалда 75 студентасда гьоркьоб цохӏо дица хъван батана гьеб мохмохалъул хӏакъалъулъ конспект (гьабсагӏатги дир рокъоб буго гьеб). Хасаб махӏ ине, мохмохалдаса бахъулеб лъим букӏуна. Гьеб малъана гъос дида. Бихьуларищха, росдал магӏишаталъул институт лъугӏун чан сонха араб, гьанже дие гъоб дарс къваригӏараб куц. Жибго мохмохги цӏакъ босула нилъер гӏадамаз. Хасго спортсменаз гьарула заказал. Тӏохолъги гир-гизабун, кваналеб къагӏида буго гьелъул. Тӏубараб къоялъ ракъи ккола гьелъ.\nP. S.\nГьедин Зайнулгӏабидица рицунел ракӏгъурал харбазухъги гӏенеккун, гьесул гӏиги цебе къотӏун лъарахъан рачӏунел ниж, Хьаргаби росдал годекӏанире щун ратана. Цинги ракӏалде ккана племенной абун цӏарал лъурал СПКялги колхозалги гӏезегӏан ратилин нилъер республикаялда, амма ругьунабго куцалда гӏи гӏезабулел рукӏин гурони, гӏадатиял магӏишатаздаса гьезул щибго батӏалъи гьечӏинхаян.\nГьединлъидал гьезда дандеккун, гӏураб чӏаголъи бихьула тӏири пачалихъалдаса кумекги тӏалаб гьабичӏого, ккараб ккун букӏагиян, жидедаго ракӏалде ккараб иш рагӏалде бахъинабулел Зайнулгӏабид гӏадал чагӏазулъго.\nP. P. S. Гьабсагӏаталда гьесие къваригӏараб жо буго гӏидул «хьергебдерил» тайпа ургъаралъухъ патент щвезе кумек гьаби. Гурони, гьеб щвезе рес буго гъосухъа ричун гӏиялги росун, жидеего цӏар гьабизе ракӏалде ккарал цо-цо чагӏазе."}
{"slug": "23199-terek-basandulel-rasal-abazda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23199-terek-basandulel-rasal-abazda", "title": "Терек басандулел расалъабазда", "date": "2023-05-17 16:19:38", "categories": ["obshestvo"], "text": "Маялъул байрамкъоял магӏарухъ тӏоритӏизе ракӏалде ккарал ракьцоял дореги риччан, нижеца гьабугьинан сапар гӏатӏиракьалде – Терек гӏурул рагӏалдехун бухьана.\nКьварун ракъварал, бакӏ-бакӏалдаса (цӏамхӏаллъиялъ) хъахӏлъи цебе рехарал мучӏдуздасан, цин гвандазухъе, цинги хӏарщулъе ккун, гирулеб машинаги букӏана. Магӏарухъе гочунел гӏиязул рехъабаз нухги къан, зама-заманалдасан лъалхъизеги кколеб букӏана гьеб.\nАхирго бихьиладай гьал нухлулин ккараб гӏадаб мехалда мукъсанал хъархъал хисун, цебе рехун бачӏана керчал гъутӏбузулги гьанжего-гьанже тӏирщун бачӏараб гӏурччинлъиялъулги сураталъ берцин гьабураб тӏабигӏат. Гьелда тӏаде — кваранисан бубудилаго чвахун бачӏунеб Терекги, гъотӏодаса гъотӏоде кӏанцӏон, тирхи-твархиялда маргьабалъ гӏадал – азаркьерал хӏанчӏиги, ихдал харил тӏагӏам босулел чуялги, гӏачи-бачалги…\nГьез асир гьарурал нижер пикраби риххизаруна Терек гӏурул цояб рахъ щула гьабизелъун гьенибе ракь баччулел КамАЗаз. Букӏине кколеб куцалда гӏурул тӏину бацӏцӏад гьабичӏолъиялъ, зама-заманалдасан ихдал заманалда гьеб къватӏибе кӏанцӏулеб гӏадатги букӏуна. Хасго 2005 соналда ккун букӏана гьениб кӏудияб балагь. Гьелдаса хадув, 2006 соналдаса нахъе «Дагводресурсы» гӏуцӏиялъ Терекалдаса гӏебеде бугеб ахӏвал-хӏалалъул тохал-хал гьабизе тарав чи вуго Унсоколо районалъул Цӏатӏанихъа Хӏажи. Нижин абуни рокъосанго гьесухъеги гьесул лъади Батулихъеги гьоболлъухъин рахъарал чагӏи рукӏана.\nГӏицӏго гьеб хӏалтӏуда божун чӏечӏого гьел кӏиязго гьениб хьихьун буго боцӏи-панзги, ордекалги. Гьелда цадахъго гьаби рокьулев чи вукӏиналъ, Хӏажил рагьтӏаса камулеб гьечӏоан чанго батӏияб гьойги.\nГьеб бакӏалде рахъиналде Хӏажил хъизаналъ гӏумру гьабуеб букӏун буго дагьалъ добегӏан бугеб Насосная абулеб бакӏалда. Хӏалтӏун руго «Теречное» совхозалдаги.\nПалхӏасил, гӏодоса гӏодобе 40 сон буго Хӏажилги Батулилги гьеб гӏатӏиракьалда жалго жидецаго тӏуран. Батулил абуни анищ букӏун буго школа лъугӏун хадуб медицина тӏаса бищизе.\nГьадин ракӏалде щвезабулеб буго гьел кӏиязго жидецаго нахъа тараб гӏумрудул нух.\nХӏажи:\n— 1980 соналда данделъана ниж. Ячана айги, дирго бетӏер гӏадал гьабизе (велъулаго. Махсаро гӏемерав чи вукӏиналъ Смешной Хӏажиянги абула гьесда цо-цояз – ред.).\nДир эбел-эменги гӏумру гьабун гьанирго (хъутаналдаго) рукӏана. Лъикӏал хӏалтӏухъаби хӏисабалда Хӏурматалъул хъорщодеги росулаан гьел. Нижер росдал хъутаби руго гьанир. Эмен – Ибрагьим — колхозалъул фермаялъул заведующий вукӏиналъ, гӏи гочарулебщинахъе эхеве хьвадун, эхеде хьвадун вукӏунаан. Хадув абуни гьанивго чӏана. Дун цӏализе магӏарухъе витӏулаанха. Дора дир кӏияйго кӏудияй эбелги ункъгӏалги рукӏана. Цӏалини кибха дица гьабулеб букӏараб, гьелдасаги бищунго бокьулаан гьаби хьихьизе. Мунагьал чурад, Маккашарипилан ункъгӏалалъул бетӏергьанчи вукӏана гӏияда. Гьебги бачун росулъе вачӏарав гьесда цадахъ гьабиги рукӏунаан. Дунги вукӏунаан гьел рагъизарулев щиб, кварида ран гьел тира-сверизарулев щиб.\nМинаги къачӏан, ниж (лъадигун) магӏарухъ данделъана. Амма цо моцӏидаса цӏикӏкӏун заман базе кӏвечӏо дида. Гьанив ругьунлъиялъ батила.\n«Теречное» совхозалда бригадирлъиги гьабуна дица – боцӏудаса харибакӏал цӏунулаан. Цо заманалъ боцӏудаги вукӏана гьевго бригадирлъун.\nБечедаб совхоз букӏана «Теречное». Мухӏу Гӏалиевасул вац Мухӏамадица гьабулаан гьелъие нухмалъиги. Цӏакъ лъикӏав чи вукӏана. Совхозалда хьихьулаан ордекал, гургурал. Гӏи-боцӏиги букӏана. Цо заманалда Патхӏулаев Мухӏамадги вукӏана гьенив нухмалъулевлъун. Гьев гьаниса нахъе индал, дунги ун вукӏана гьаниса нахъе. Хадур гьенир хиса-басиял ккана — совхозги биххана, боцӏиги лъугӏана.\nПасатаб совхоз букӏанаха, чӏере, гьаб. Грузиялдаса, Осетиялдаса, Кочубеялдаса, Тарумовкаялдаса бахъараб рачӏунаан гьанире харида хадур. Анкьалъги рукӏунаан машинаби цӏезе иргаби щоларого. Цӏакъ тӏагӏамаб, гьарзаяб хер бижула гьаниб.\nГьанже ГУП гьабун буго гьеб совхозалъул.\n2006 соналдаса нахъе дун вуго гьанив Терекалда «Дагводресурсы» гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъанлъун. Кутакалда лъикӏав нухмалъулев вукӏана гьенив доб мехалда Гӏали абун — тумав. Цӏияб расаги (лодка) кьун, хӏалтӏуда лъуна гьес дун (осмотрщиклъун).\nБатӏи-батӏиял лъугьа-бахъиналги ккана гьенив хӏалтӏулаго. Лъагӏалица тӏагӏарав чиясул жаназа батана цо нухалъ. Гӏурул рагӏалда ракьулъ вукъун вукӏун, хадуб лъеца чурун гьеб бакӏгун, къватӏиве рехун вачӏун ватилаха.\n— Нугъаязул ракьалдаса гӏебеде гӏисинал лъарал ракъван лъугӏанилан бицен буго. Гьединлъидал гьанибги лъим дагьлъун батила.\n— У, гьанирги гӏемерисел заливал ракъван лъугӏана. Гӏадамаз харибакӏал гьаруна гъора, рухӏун къамишалгун, лъимги бакъвазабун. Амма аслияб чугӏа гьениб букӏунаан. Бокьараб сорталъул ччугӏа букӏунаан. Гьанже Терекалдагицин дагьлъун буго гьеб. Гьанже гьал элекроудочкаби раккаралдасаги тӏубанго балагь рещтӏана гьелда.\nБатули:\n— Хӏажил хъизанги нижги магӏарухъ мадугьалзаби рукӏана. 1980 соналъул декабралда данделъана ниж. Цо нухалда вакьадас абуна цодагьаб мехалъ эхере щайдила рачӏунарел Цӏияб сонги гьабизе, гӏи къунцӏулел чагӏазе кумекалъе рукӏине. Рилълъана.\nГъоб моцӏги ана, хадур соналги ана. Гьале гьелдаса нахъе ниж гьанир ругоха. Дир эмен районалда (Унсоколо) пекарнялъул директорлъун вукӏана. Нижер яцал-вацалги цӏаларал руго — тохтурзаби, учительница, росдал магӏишаталъул институт ва цогидаб лъугӏарал. Гьединлъидал дирги анищ букӏана медалде (училищеялде яги институталде) цӏализе лъугьине. Вакьадасулги кӏудияб дандечӏей букӏинчӏо гьелда, гьение лъугьине дие квербакъизе тӏадегицин босун букӏана гьес. Гьедин экзаменал кьезе заманги тӏаде щвана. Гьеб мехалда вакьадас абуна (цӏодорлъи бихьуларищха кӏудиял чагӏазул!) гьалейила нужеего боцӏиги, гьалейила гӏиги — ричун гьелгун айила Махӏачхъалаялде, жидеда гьел хьихьизе кӏоларила. Амма рос чӏана мун цӏалун яхъинегӏан, бичун бугеб-гьечӏеб боцӏигун, гӏодов вукӏун чӏезе жиндихъа бажаруларилан.\nГьале гъагъаб соналдаса нахъе гӏумру хъутаналда ана.\n— Батули, Хӏажини Терекалдаса гӏебеде вукӏунев ватила. Дур хӏалтӏул къо кинха байбихьулеб?\n— Дун яхъуна радал сагӏат анлъгоялдаго. Щибаб къоялъ 10-15 гӏака бечӏчӏизе ккола радалги къасиги. Гьелъие хасаб аппарат босаниги, гӏемерисеб мехалда дицаго речӏчӏула гьел.\nБищун кӏудияб масъала буго бахъараб хӏан-нах бичиялъул. Гьанжени цо гӏадан ячӏуна гьание гьеб босизе. Амма базаралдеги ун бичизейин лъугьани, нуж киса щалилан, цӏех-рех гьабизе ритӏун рачӏуна базарчагӏаз цо хасал гӏадамал. Цере нижеда кӏалъалев чи вукӏунароан. Бичун нижерго къайигун, гьаругьинан щолаан рокъоре.\n— Нужееялдаса цӏикӏкӏун хайир нужехъа босун гьеб бичулел чагӏазе щолинги абулаха.\n— Битӏараб буго. Кӏалккун моцӏалдаса нахъе дица хӏанил кило 180 гъурщиде бичулеб буго. Бищун учузал конфеталгицин гьелде рукӏунел ратиларо гьанже. Базаралда абуни доз хӏан 350-400 гъурщиде бичулеб буго. Щолеб гьечӏебищха гьезие нижееялдасаги гӏемер гӏарац?\nХӏукуматалъ гӏуцӏулебани гьеб рахъалъ хӏалтӏи – рачӏун фермераз жидерго продукция бичизе щвезабулеб хасаб бакӏ рагьани – нижее бигьалъилаанха, хӏалтӏизе ракӏги балаан.\nВасасе минаби ралеб мехалда бичун, боцӏи дагьлъун букӏана нижер. Цинги гьел лъугьана цӏидасан гьеб босизеян. Боцӏи босулел чагӏазе щуго млн гъурущ биччалеб бугилан харбал рукӏана. Амма нижеда тӏад ккана гьеб. Нужер киналалиго налогал рачӏун ругин гьаниреян абун, гьел къазе 120 азарго гъурущ кьуна. Лъаларо, ниж махсародейищ ккурал, яги унголъунги гьединищ гьеб букӏарабали.\nГьединго колхоз-совхозалда хӏалтӏулаго гӏумру аниги, пенсия бахъизе араб мехалда дие бахъараб жо буго 8 500 гъурущ. Лъимер гьабун анкь байдал, больницаялдаса къватӏие йиччарайго хурие унаан хӏалтӏизе. Рос рокъов гьечӏеб мехалда, аскӏов тезе чи гьечӏолъиялъ ахиралда гьаюрай яс боцӏуде цадахъ ячунаан дица. Бусби сверизе араб заманалда гӏодой лъун тарай гьей киб бакӏалда йигеяли лъаларого тирулей хутӏулаан дун. Гьедин гьабуна магӏишат, захӏматго.\nЛъималги рукъалде руссинаруна нижеца — лъабго васги кӏиго ясги. Хасавюрталда руго гьел, бищун гьитӏинав вас хутӏизегӏан.\nГьабсагӏаталда нижго руго «Дагводресурсы» гӏуцӏиялъул минаялъур. Гьеб къачӏазе яги тӏаде бакӏ базеги гьукъараб буго. Гьадал гӏачиязе бокьалгицин щай раралин гьикъизе рачӏун рукӏана гьезул хӏалтӏухъаби.\nГьаб нижеца пайда босулеб ракьалъухъ налогги кьола нижеца.\nАмма бокьа-бокьараб бакӏалдаса вачӏарав чиясухъе кьоларо гьаниб ракь. Я бичизе, я босизе лъилниги ихтияр гьечӏо. Гьеб буго хӏукуматалъ щиб кканиги запасалда (резервалда) тараб бакӏ. Гӏицӏго лъагӏа-лъагӏалие къотӏиги хъван, гӏи кваназе биччала гьанибе. Гьединго рециги буго гьаниб, рекьи гьечӏо. Цебе жеги беричго бижулаан гьаниб хер. 2005 соналда Терекги къватӏибе кӏанцӏун, ракьалги гъанкъана. Ергъен абулеб херги бижана."}
{"slug": "23213-sug-ulderil-morozhenoe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23213-sug-ulderil-morozhenoe", "title": "Сугъулдерил мороженое", "date": "2023-05-19 15:22:14", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Сугъралъ «Агрофирмаялъ» байбихьун буго гӏиял рахьдадасан мороженое гьабизе. Гьелъул презентация букӏана «Анжи-Аренаялда» букӏараб Тӏолгороссиялъул гӏи-цӏцӏаназул выставкаялда.\n— Гьениб буго нижецаго гӏезабураб гӏиял рахьдал гьабураб, гъорлъе щибго химия жубачӏеб бацӏцӏадаб мороженое, — ян бицана «Сугъралъ» Агрофирмаялъул нухмалъулев Чураев Гӏабдурахӏманица. — Гьелда гъорлъ руго черхалъе пайдаял микроэлементал ва, гӏачиязул рахьдада дандеккун, гӏиядаса бечӏчӏараб рахьдада гъорлъ белокалъул къадарги цӏикӏкӏараб буго.\nФранциялъул «Лакони» абураб гӏиял тайпаги Дагъистаналъул мугӏрузулаб тайпаги цолъизабун гӏезабураб гӏиял тайпаялъул чахъабаздаса бечӏчӏараб рахьдал гьабулеб буго мороженое."}
{"slug": "23218-khialtii-avlakh-alda-khiasilal-vystavkayalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23218-khialtii-avlakh-alda-khiasilal-vystavkayalda", "title": "Хӏалтӏи — авлахъалда, хӏасилал — выставкаялда", "date": "2023-05-19 16:59:35", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "Гьал къоязда Каспийск шагьаралда, «Анжи-Арена» комплексалда тӏобитӏараб гӏи-цӏцӏаназул ХХӏII Тӏолгороссиялъулаб выставкаялда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул 23 регионалдаса вакилзабаз, гӏи-боцӏухъанлъиялъул специалистаз, гӏалимзабаз, нилъер республикаялъул анцӏ-анцӏ магӏишатаз. Гьениб ниж дандчӏвана Гъуниб районалъул Мохӏоб росдал Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб Агрофирмаялъул нухмалъулев Шарип Махаровгун.\n— Шарип, нужер магӏишаталда буго 7550-гӏанасеб бетӏер гӏи-цӏцӏаназул. Хасало камиял гӏемер кканищ, кин араб «къинлъул кампания»? Гьел мугӏрузде гочинариялъе кинаб хӏадурлъи бугеб?\n— Исана хасел букӏана гьава-бакъалъул шартӏал рекъараб, гьелде ниж хӏадургоги рукӏана. Гьединлъидал дандчӏвачӏо бицине гӏураб захӏмалъи, ккечӏо кӏудияб камиги. Лъикӏ ана къинлъул кампанияги. 100 чахъдада хадуб цӏунизе кӏвана 94-95 кьегӏер. Ихдал гьава-бакъалъул шартӏал рекъарал рукӏинчӏо ва ниж хӏажаталлъун ккана дагьаб цебеккунго гӏи къватӏибе биччазе. Нижер цо бригада жакъа щвана Алмалоялде. Гьаб выставка лъугӏун хадуб цогидаб бригадаялъул, гӏи транспорталъул кумекалдалъун, рехизе буго риидалил мучӏдузде.\n— Кидагосеб масъала бугоха квасалъул бицунеб…\n— Гьоркьохъеб хӏисабалда цо гӏиялъажоялдаса нижеца къунцӏана 3,1-3,2 кило квасул, тайпадулалъ кьола 7-8 кило. Добго гӏиллаялдалъун гӏи къунцӏиги исана нижеца байбихьизе ккана цудунго. Къунцӏараб квасул букӏинесеб къисмат жеги лъаларо, ккечӏо босулев чи. Нилъер тайпаялъул (Дагестанская горная) гӏиял квасул килоялъул багьа гӏага-шагьарго буго 20 гъурщиде. Хӏисаб гьабе, гӏиялъажо къунцӏун кьезе ккола 100 гъурущ, щвараб квасул багьа бахунеб гьечӏо гьелдецин.\n— Жакъасеб выставка кин дуда бихьулеб, магӏишатазе щиб пайда гьелъул бугеб?\n— Гьаб буго дун гӏахьаллъулеб 16-абилеб выставка. Чара гьечӏого тӏоритӏизе ккола гьадинал тадбирал, гьанир ккола лъикӏал бухьенал, лъала бугеб ахӏвал-хӏал, щола хӏалбихьи.\nХунзахъ районалъул Тӏануси росдал СПКялъул нухмалъулев Зиявдин Мухӏамадов.\n— Зиявдин, кин бугеб магӏишаталда хӏалтӏи?\n— Кинабго лъикӏ бугин абуни, гьереси букӏина. Камун гьечӏо захӏмалъабиги, руго гӏезегӏан суалалги. Амма нижеда церечӏарал масъалаби нижеца тӏурачӏого лъицаха тӏуралел. Мисалалъе, квасул кило буго 20 гъурщиде, гӏиялъажо къунцӏун уна 100-ялдаса цӏикӏкӏун гъурущ. Захӏмалъаби гӏемер ругониги, хӏалтӏизе бокьарав чиясе ресал камун гьечӏо. Цогидал шартӏал рикӏкӏинчӏониги, харж хӏисабалда лъагӏалие вехьасе нижеца кьола 40-45 чахъу. Цо гӏиялъажоялъул багьа 5-10 азарго гъурщиде бахунеб мехалъ, гьеб ккола мадараб мухь. Вехьасе изну буго магӏишаталъул гӏияда цадахъ жидерго гӏиги хьихьизе. Руго чӏезарурал цогидал бигьалъабиги. Исана буго цӏикӏкӏараб ракъдаллъи, бугониги кӏвана кӏалцӏи-хералъул рахъалъ чияде ккечӏого рорчӏизе. СПКялъе нухмалъи гьабулелдаса дир буго 15-гӏанасеб сон. Амма исана гӏадин дун разияб хӏалалда тӏинчӏ бахъараб сон цониги букӏинчӏо. 100 чахъдада хадуб цӏунизе кӏвана 90-95 кьегӏер. Хӏалтӏи нухда тӏамиялда цадахъ, камуларо гӏадамазе кумек гьабизе ресги, гьебги дица рикӏкӏуна тӏадаб налъилъун.\n— Хасел кин нужеца тӏамураб, ками цӏикӏкӏараб кканищ?\n— Нижер руго рекьулел ва хер бецулел ракьал, кинабго хӏадурараб кӏалцӏи-хер уна гӏияе, цогидазецин кумек гьабун гурони гьеб нижецаго босизе кколаро. 6300 гӏиялъажо бугеб бакӏалда щибго тӏаса ин гьечӏого букӏунаро, амма хӏехьезе кӏолареб ками ккечӏо.\n— Риидалил мучӏдузде гӏи гочинабиялъул суал кин бугеб?\n— Гӏи къунцӏун бахъана ва гьаб выставка лъугӏун хадуб байбихьизе буго чуризе, чурун бахъиндал, киналъулго хӏисаб-суалги гьабун, рахъине руго къватӏире.\n— Нухазда гӏезегӏан къварилъи дандчӏвалелъул, гьеб рахъалъ щиб абилеб?\n— Цохӏо дир гуребги бугеб унти буго гӏухьби гӏоларого рукӏин. Гьебго хӏал буго нухде рахъиналъулги. Амма цогидал магӏишатазе нухда бугеб захӏмалъи (нухал къварид гьари, киса-кирего минаби, бича-хисиялъул бакӏал рай) бихьараб мехалъ дун вуцӏцӏун чӏезе кколев вуго. Нижеца нухда (Хунзахъ районалъул мугӏрузде) 12 къо гурони баларо. Руго магӏишатал нухда моцӏ балелги.\n— Нужее пачалихъалъ гьабулеб кумек бугищ?\n— Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щвезе ккани, тӏоцебесеб иргаялда, магӏишаталъул букӏине ккола кагътида гуреб, хӏакъикъаталдаги бугеб гӏи-боцӏи. Гьебги бугони, хӏадурарал документалги ругони, дагьабниги вагъа-вачарулев чиясе щола кумек. Буго тайпадулаб гӏияхъанлъиялъе гьабулеб кумекги.\n— Гьаб тайпаялъул выставкабазе дуца щиб къимат кьолеб?\n— Лъикӏаб къимат кьола. Рихьула пишацоял, дандчӏвала батӏи-батӏиял гӏадамалгун, щола лъикӏал малъа-хъваял, тӏурала бича-хисиялъул суалал."}
{"slug": "23219-anzhi-arenayalda-gii-tsitsianazul-parad", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23219-anzhi-arenayalda-gii-tsitsianazul-parad", "title": "«Анжи-Аренаялда» гӏи-цӏцӏаназул «парад»", "date": "2023-05-19 17:10:31", "categories": ["rosdal-magiishat"], "text": "«Гессаразул» гӏи, Черкесазул чӏегӏерал куйдул, Калмыказул квас, «Гъизляралъул Дорпер», мармаралъул гьан ва 45 килограмм бахъулеб кьегӏер\n16 маялда Каспийскиялда, «Анжи-Аренаялда» байбихьи лъуна «XХӀII Всероссийская выставка племенных овец и коз» абураб тадбиралъе. Дагъистаналда тӏцоебесеб нухалда тӏобитӏана гьединаб даражаялъул кӏудияб дандеруссин. РФялъул 26 регионалдаса 80-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏияхъабаз, фермераз, зоотехниказ, росдал магӏишаталъул церехъабаз гьоболлъи бана нилъеда.\n«Анжи-Аренаялъул» сверухълъиялда кӏудияб чӏаголъи букӏана. Цӏулал чалиялъ сверун къарал павильоназда жанир рукӏана нусго батӏияб тайпалъул гӏигун цӏцӏани. Цояб рахъалда батӏа тӏезабураб чалиялда жанире къотӏун рукӏана: варани, залимаб бугъа, хӏамул ва чуял.\nТадбиралъе официалияб къагӏидаялъ байбихьи лъуна сагӏат анцӏгоялда. Сценаялде рахана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Андрей Разинги, РФялъул гӏияхъабазул союзалъул нухмалъулев Харон Гӏамирхановги ва цогидалги хӏакимзаби.\nРеспубликаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул цӏаралдасан баркиги цӏалун, Гӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна:\n— Дица баркула жакъа киназдаго гьаб тадбир. Хӏакъикъаталдаги нилъер республикаялъе бергьун кӏудияб кӏваралъул ва даражаялъул тадбир буго гьаб. Республикаялда тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб Россиялъул чанго батӏиял субъектаздаса гӏи-боцӏухъаби данде ракӏарараб выставка. Гӏияхъанлъиялъ нилъер республикаялда хасаб бакӏ ккола, Россиялъул базараздаги Дагъистаналъул гӏиял гьаналъ чӏел босана ахирал соназда. Гьеб бищун тӏагӏамаб бугилан абулеб буго гьелъул хӏалбихьараз».\nГьесда хадув кӏалъазе вахъана РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Андрей Разин. Министр Дмитрий Патрушевас дагъистаниязде ва гьединго выставкаялъул тӏолалго гӏахьалчагӏазде битӏараб саламги цӏалун, эркенго, тӏанчидаса цӏаличӏеб кӏалъай гьабуна гьес жиндирго рахъалдасан.\nВыставкаялде рачӏун рукӏана Калмыкиялдаса, Кабардагун Балкариялдаса, Черкесиялдаса, Ставрополалдаса, Астраханалдаса, Ростовалдаса, Волгоградалдаса, Крымалдаса гӏияхъаби. Гьединго рачӏун рукӏана рикӏкӏадаб Сибиралъул ракьалдасаги.\nСалул хӏур гъорлъе биччалареб квасул къолден\nКалмыкиялдаса бачӏараб тайпадулаб гӏи берчӏварабаго батӏа бахъизе лъалеб букӏана. Гур-гурарал рачӏаразул, риццатал гарбазул, михрал гӏадал гургинал куйдул рукӏана сверун цӏулал чалиялъ жанибе къараб бакӏалда хер кунел. Тӏаде балагьун кутакалда кьараго рихьулел рукӏана гьел. Гьединлъидал бацӏцӏадаб гьанал порода батилин гьебин хӏисаб гьабуна. Амма мекъи ватана дун. Жидеца гӏи гӏезабулин гӏицӏго квасуе гӏолойин бицана «Племенной завод Улан Хееч» АОялъул вакил Саврица.\n— Гьабсагӏат дуда бихьулеб тайпа ккола Россиялдаго бищун къанагӏатаб тайпаялъул квас бугеб гӏи. Гьединаб хӏеренаб квасалъул тайпадулаб гӏи цогидаб регионалда гьечӏилан ракӏчӏун абизе кӏвела дида. Гьанибе балагье мунго, — янги абун, тӏаса биццатаб гъатги нахъе гьабун, гӏазухъахӏаб квас бихьизабуна гьес дида. — Киназдаго лъала нижер Калмыкиялъул ракь салул авлахъалда букӏин. Гьороца добе-гьанибе сали хъвалареб къо гьениб къанагӏатги букӏунаро. Амма кигӏан гьури пулеб къоялъги сали жанибе биччаларо гьабсагӏат дуда бихьуле гӏиял тайпаялъ. Тӏабигӏаталъго сайгъат гьабураб къолденалъ гӏадин цӏунула гьез жидерго квас.\nЦогидал гӏиязда гъорлъ бессун букӏуна гьеб сали, гьаб тайпаялъул гӏиязда дуда гьеб батизе гьечӏо, — ян бицана Саврица\nГьезухъа бичун босараб квас къватӏисел пачалихъаздеги битӏулеб буго. Аргентина, Италия, Франция гӏадал пачалихъаз хирияб маркаялъул костюмал гьаризе хӏалтӏизабулин жидер гӏиял квасин разиго бицунеб букӏана Саврица. Бихьулеб букӏана жидерго захӏматалдаса гьесул ва къайицадахъазул бугеб чӏухӏиги рохелги. Гьесда аскӏор кьерухъе жеги лъабгогӏаги павильон букӏана Калмыкиялдаса гӏияхъабазул.\nГьезда дандбитӏун букӏана Гумбет районалъул Цӏиликьа Чумаев Гӏисаца бетӏерлъи гьабулеб чед абураб КФХялъул павильон. «Артлухский меринос» абураб цӏияб тайпадулаб гӏи гьес гӏезабизе байбихьараб куцалъул кӏиго соналъ цебего бицун букӏана нижеца газеталдасан. Гьезул тайпадулаб гӏиги берцин бихьун, Белоруссиялдасацин рачӏун ругоан гьезухъе гӏи босизе чи. Гьезул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицина газеталъул хадусел номеразда\n«Эдельбай» куйдузул мармаралъулаб гьанги гьелъул тӏагӏамги\nХунзахъ районалъул Тӏанусиса Гӏабдулаев Гӏалица чанго соналъ цебего кьучӏ лъураб Эдельбайский абураб, цебеккун нилъер гьаниб бихьун букӏинчӏеб батӏияб тайпаялъул гӏиги букӏана выставкаялде бачӏун. Магӏарухъ букӏунеб кьур-кьурал лълъурдузул, кӏургӏараб ва гъалгъараб тахтадул квасул гуреб. Тӏарцаб, гӏиснабго квасги тӏад бугел рорхатал, чӏахӏиял, лъурдул гьечӏел куйдул ругоан Гӏалил васасул вас, Мухӏамадрасулица выставкаялде рачун рачӏун.\n— Гьаб буго Казахстаналдаса бачӏараб порода. Мунагьал чураяв кӏудияв инсуца колхозалъул председательлъун вугеб мехалъго калмиказул доба ижараялъе ракьги босун, гьениб гӏезабизе кьучӏ лъуна. Риидал магӏарухъе гочинабулаан, гьезие рии нилъер гьаниб бигьаяб букӏуна тӏамизе, кьин абуни калмиказул доба тӏамула.\n— Гӏицӏаб гьанае гӏоло хьихьулел ратилаха нужеца гьел. Гьан кинаб букӏунеб гьезул?\n— Гьезул букӏуна цӏакъ тӏагӏамаб гьан. «Мраморное мясойилан» абула гьелда (цо гъат кьаралъиялъул, цо гъат ччоборидул букӏуна. Авт.). Гьоркьоб щибниги лъамалъиги гьечӏеб, кваназе татуяб гьан букӏуна цӏакъ.\nГьесдаго аскӏор ругоан Гиссарские абураб тайпалъул гьединалго куйдул. Амма рихьизе гьелъ дагьалги рорхатал, чӏахӏиял ругоан. Нилъер гьава-бакъалъул шартӏаздеги хехго ругьунал, хьихьизеги щибго захӏмалъи гьечӏеб тайпа кколин гьебин бицана Мухӏамадрасулица.\nАвстралиялъул ва Германиялъул тайпаги цолъизабун лъугьараб куй\nГъизляралдаса Закариев Хӏажицаги вас Рустамицаги гӏезабулеб цӏияб тайпаги бихьана гьеб къоялъ выстакаялда. Кӏиго батӏияб пачалихъалъул: Австралиялъул ва Германиялъул гӏиял хьонги цолъизабураб куйдул ругоан гьезухъ. Гьумерги габурги лахӏгӏан чӏегӏерал, хутӏараб бакӏал хъахӏал. Гьеб тайпалда гьез жидецаго ургъараб цӏарги бугоан «Кизлярский дорпер» абураб. Гьеб тайпадулаб гӏи гӏезабизе бабйихьараб куцалъул гьадин бицана Хӏажил вас Рустамица.\n— Нилъер гьаниб цӏакъ къанагӏатаб тайпа ккола гьаб. Гьелъул цохӏо кьагӏрида бахъула 45 килограмм цӏайи. Сордо-къоялда жаниб 450-500 грамм цӏайиялъул бакӏарула гьез тӏаде. Гьеб буго гьезул хаслъи. Гьел ккола гӏицӏаб гьанал порода. Ихдал къунцӏизеги гьел кколаро, квас жибго уна гьезда тӏаса гъун.\n— Нилъер гьава-бакъалъул шартӏал дандекколищ гьезие?\n— Ккола. Дагъистаналда согӏаб хаселги, кьварарал гьава-бакъалъул шартӏал рукӏинги киназдаго лъалеб батила. Кигӏан согӏаб хасел бачӏаниги гьеб бигьаго нухда тӏамуна гьез, — ин бицана Рустам Закариевас\nКабардагун Балкариялдаса чӏегӏерал куйдулги рачӏун рукӏана выставкаялде гӏахьалъизе.\nЛъабго гьезулги кӏиго черкесазул щуго павильоналде жанире къотӏун рукӏана лахӏчӏегӏераб тӏомалъул лъикӏал базалиял куйдул. Рихьизеги квеш гьечӏоан. Магӏарухъ къанагӏат гурони дандчӏваларо гьединал чӏегӏерал куйдул. Амма кутакалда тӏагӏамаб гьан букӏунин гьезулин бицунеб рагӏун букӏана гьитӏинго. Гьеб ритӏухъ гьабуна выставкаялде вачӏун вукӏарав «Дарган» ОООялъул бетӏерав зоотехник Сейитгӏали Гебеновас.\n— Бищун тӏагӏамаб гьан бугилан абула хӏакъикъаталдаги гьелде. Гьазул гьанада гъорлъ гьечӏо цо процентцин холестериналъул. Дунялалда цоги гьединаб тайпа гьечӏо гӏиял. Бацӏцӏадаб, татуяб, гьоркьоб щибниги зарал гьечӏеб гьан буго гьеб.\nЦеве хӏукуматлъул нухмалъулесул заместительлъун вукӏарав Гъуниб районалъул Гьонодаса Набиюлла Мухӏамадовги ватана выставкаялда. Гьесги вас Мурадицаги Кочубеялда рагьун буго «Агроком» абураб гӏуцӏи. Кӏиазаргогӏанасеб тайпадулаб гӏиял бетӏер буго жакъа гьезул магӏишаталда.\n— 2006 соналъ кьучӏ лъуна нижеца гьелъие. Байбихьуда дагьабго гурони къадар букӏинчӏо. Гьабсагӏат ункъо вехьги вуго, саламатаб кӏудияб рехъен гӏиязулги буго. Мисалалъе гьале гьаб, — янги абун, цо куй бихьизабуна Набиюллагьица. — Гьалъул чӏагояб цӏайи буго 145 кило. Хъун хадуб бацӏцӏадаб гьанал 80 килограмм бахъула.\nХьаргабиса Зайнулгӏабид Хӏусеновги вачӏун вукӏана жиндирго гӏиги бачун. Нижеца гьесул хӏакъалъулъ хъван букӏана дагьаб цебегӏан. Цӏакъ разиго вугоан выставкаялда гӏахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас рагӏи кьунин хадубккун жиндие кумек гьабизеян бицана Зайнулгӏабидица.\nГьединаб букӏана выставкаялъул тӏоцебесеб къо. Цогидаб рахъалда рукӏана щибаб муниципалитетазул майданал. Цояб рахъалда жидецаго хӏадур гьабураб къайи-цӏа бичулел чагӏи. Ахӏулеб кечӏги ва бежулебгун белъунелъул махӏги бугоан.\nБатӏатӏезабун гьабураб чалиялда нахъа ругоан хъахӏаб вараниги гьелъул тӏинчӏги. Аскӏоб бугеб чалиялда жаниб бегизеги бегун рагӏ бахунеб бугоан, магӏарзул къалазда горги бараб цо залимаб бугъа. Дагьал дорегӏан ругон хӏамул ва чуял.\nКъалъудаса хадур гьенире рачӏана гьал къоязда Ташкенталда боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун рахъарал Муслим Хӏажимухӏамадовги Шарапудин Атаевги.\nАэропорталда букӏараб дандчӏваялдаса хадур рачӏинахъего выставкаялде рачӏун ругоан гьел. Гьенибги гьарзаяб дандчӏвай гьабуна чемпионазда. Щивасе цо-цо куйги кьун, гьезда бергьенлъи баркана Гӏ. Гӏабдулмуслимовас.\nБакъанидехун гӏадамал дагь-дагьккун гьениса рикьа-риххун ине байбихьана. Выставкаялъул тӏоцебесеб къоялъул хӏасилал гьарулаго гьадин бицана «Хӏакъикъаталъе» республикаялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министрасул тӏоцевесев заместитель Шарип Шариповас:"}
{"slug": "23220-mokhmokhgi-beguleb-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23220-mokhmokhgi-beguleb-gechio", "title": "Мохмохги бегьулеб гьечӏо", "date": "2023-05-19 17:53:29", "categories": ["med"], "text": "2005 соналдаса нахъе, щибаб санайил, 17 маялда кӏодо гьабула Тӏолгодунялалъул артериалияб бидул тӏадецуялда данде къеркьеялъул къо. Исана гьеб кӏодо гьабулеб буго: «Битӏун борце дурго бидул тӏадецуй. Халккве гьелда хадуб. Гьабе халатаб гӏумру» абураб ахӏиялда гъоркь. Гьеб тадбиралъул аслияб мурад ккола киса-кибго тӏибитӏараб рекӏелгун бидурихьазул унтул хӏакъалъулъ халкъалда лъазаби, гьелда хадуб халкквеялде ва сахлъиялъе заралиял гӏамалаздаса инкар гьабиялде гӏадамал ахӏи, жигараб куцалда гӏумру гьабизе малъи.\nДунялалда щивав анцӏго чиясда гьоркьоса лъабгояв ккола бидул тӏадецуй бугев. Гьезул гӏемерисезда лъаларо жидер бидул тӏадецуй цӏикӏкӏун букӏин. Бидул тӏадецуй «гӏодобцараб чӏвадарухъан» кколин абула. Жакъа Дагъистаналда бидул тӏадецуялъ гӏадамал унтиялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул, сахлъиялъе гьелъ гьабулеб заралалъул ва гьелдаса цӏуниялъе гӏуцӏун ругел ресазул ва гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Республикаялъул кардиологияб диспансералъул тӏадегӏанаб категориялъул кардиолог Гулимага Гӏалиевалъулгун.\n— Россиялда рекӏелгун бидурихьазул унтаби рикӏкӏуна гӏадамал сакъатлъиялъе ва хвеялъе ругел аслиял гӏиллабазул цояблъун. Жакъа дунялалда ва нилъер улкаялда артериалияб бидул тӏадецуй цӏикӏкӏин лъугьун буго бищунго тӏибитӏараб унтилъун. Дунялалда гьелъ унтаразул къадар 1,5 миллиардалдасаги цӏикӏкӏунеб буго. Ахираб кӏиго соналда жаниб гьеб унти цӏакъго цӏикӏкӏиналъе ккараб гӏилла буго ковидалъ гӏемерал гӏадамал унти, гьединго ковидалъ унтун рукӏаразеги чӏахӏиял чагӏазеги диспансеризацияги гьабун, гьеб унти тӏатинаби.\nЖакъа республикаялда вуго 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун бидул тӏадецуялъ унтарав ригьалде вахарав чи. Щибаб соналъ тӏатинавула 25 азаргоялдаса цӏикӏкӏун цӏияв унтарав. Гьебго заманалда, Россиялъул цоги регионазда дандеккун, Дагъистаналда 2,2 нухалъ дагь буго бидул тӏадецуй тӏибитӏи, унтарал тӏатинари буго 7,1 проценталъ дагь. Нилъер республикаялда бидул тӏадецуй цӏикӏкӏиналъе квербакъула хӏехьезе захӏматаб риидалил багӏариялъги, — ян бицана гьелъ.\n— Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏаз кин хӏехьезе кколеб риидалил багӏари?\n— Ралъдалъ чвердолаго ва бакъалда рукӏаго, гьез тӏадчӏун халкквезе ккола жидерго сахлъиялда хадуб. Бидул тӏадецуй бугез гӏужда ва жиндир заманалда гьекъезе ккола дараби, гурони гьел тӏадеги унтула. Гьез къо байбихьизе ва лъугӏизабизе ккола давление борциналдасан.\n— Давление бахунел чагӏазе цоги щиб бегьулареб?\n— Рагъа-рачари гӏумру кколин абула, амма черхалда цӏакъго хӏал гьабизе бегьуларо. Роцада гьабулеб рагъариялъ щула гьабула сахлъи. Гьезие заралияб букӏуна цӏамхӏалаб квен. Гьелъ къечезарула, хӏал ккезабула рекӏеде ва бидурихьазде.\nХӏайваназул кьаралъабаздаса (тӏатӏи, мохмох, тӏорахь) инкарги гьабун, пайда босизе ккола гъорлъ дагьаб гурони кьаралъи гьечӏеб бетарахьалдаса ва чӏахӏазул нахудаса. Кваназе ккола помидорал, гьелъ риинарула кьаралъаби. Бидул тӏадецуй цӏикӏкӏинабула гъорлъ чакар гӏемерал гьекъолел жалаз. Гьелъул гӏаксалда, цӏекӏал гьекъолел жалаз квербакъула бидул хӏалуцин гӏодобе ккезабиялъе.\nКъвакӏарал гьекъолел жалаз, масала, гӏаракъиялъ, коньякалъ, вискиялъ бидурихьал байбихьуда гӏатӏилъизарула, хадур гьел рукӏкӏинарула.\n— Бидул хӏалуцингун кинха гӏумру гьабилеб?\n— Дурусго цӏунизе ккола хадусел малъа-хъваял:\n1. Хӏал ккезе биччаге нервабазде ва черхалде.\n2. Инкар гьабе мехтизарулел жалаздаса.\n3. Инкар гьабе хъалияналдаса.\n4. Кьаралъизе чӏоге.\n5. Дагь гьабе лъамалъи хӏалтӏизаби.\n6. Гьудуллъи ккве спорталъулгун.\n— Бидул хӏалуциналъ черхалъул кинал лугбузе квешаб асар гьабулеб?\n— Гьелъ жагъал гьарула ракӏ, гӏадалнах, бидурихьал, берзул жанисеб хъал, ургьисалаби. Дагьабго къадаралда тӏадецуй цӏикӏкӏиналдалъун 60 проценталъ гӏемерлъула инсультал, гьединго 20 проценталъ цӏикӏкӏуна инфарктал ккеялда бугеб хӏинкъи.\nХӏасил-калам, гӏемерисеб мехалда бидул тӏадецуй цӏикӏкӏуна цӏам ва кьаралъи гӏемер хӏалтӏизабулезул, хӏалуцараб хӏалалде ккаразул, гьекъолдулезул, хъалиян цӏалезул, холестерин цӏикӏкӏаразул, хьвади дагьазул. Масала, цо сигареталъ 10-30 мм рт. ст., гьединго цо тӏокӏаб килоялъ 1-3 мм рт. ст. цӏикӏкӏинабизе бегьула бидул тӏадецуй. Кӏвахӏалал чагӏазе, рагъа-рачари цӏикӏкӏарал чагӏазда дандеккун, 20-50 проценталъ цӏикӏкӏун хӏинкъи букӏуна гьеб унти ккеялда.\n— Кин тӏатинабизе кколеб бидул тӏадецуй букӏин?\n— Тӏадецуй лъазаби ккола гьеб унтигун къеркьеялде лъолеб тӏоцебесеб гали. Гьеб мурадалда зама-заманалда борцине ккола бидул хӏалуцин. Медицинаялъул идарабазда гуребги, гьелъие ресал гӏуцӏизе ккола дармилал центразда, школазда, мажгитазда ва цогидалги бакӏазда.\nГьеб мурадалда жакъа республикаялъул медицинаялъул идарабазда гӏуцӏун руго лъикӏал шартӏал.\n— Киназдаго гуро лъалеб бидул тӏадецуй битӏун борцунеб къагӏида…\n— Тӏадецуй борцине ккола цого заманалда, къойида жаниб кӏиго нухалъ — радалги маркӏачӏудаги, хӏалтӏудаса, кванидаса, хъалиян бухӏиялдаса, чай-кофе гьекъаралдаса нахъе 30 минут ун хадуб.\n140/90-ялдаса тӏадецуй цӏикӏкӏунеб бугони, чара гьечӏого гӏедегӏизе ккола тохтурасухъе.\n— Цо-цояз абула артериалияб бидул тӏадецуй ригьалдаса арал чагӏазул унти бугилан…\n— Гӏолохъанлъулеб буго гьеб унти. 30 сон барал чагӏиги унтулел руго. Кинаб хӏинкъи гьелъул бугеб? 30-35 сонил ригьалдаго тӏадецуялъ унтизе байбихьани, хадусеб 15 соналъ гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жоги гьечӏони, ай сах гьарулел гьечӏони, пенсиялъул ригьалде гьел рачӏуна рекӏел жагъаллъигун. Гьединлъидал, 25 сонил ригьалдасаго байбихьун, щибаб бащдаб лъагӏалида жаниб цо нухалъ щивав чияс чара гьечӏого борцине ккола артериалияб бидул тӏадецуй.\nХадурагӏиялъул бакӏалда\nАнцӏила щуго соналъ кӏвекӏана дун гӏага-шагарго гьеб унтиялъ. Лъабго сон унеб буго, лъицаялиго малъун, щибаб къоялъ мачӏикьаго, кваналалде 40 минуталъ цебе ражи гъорлъ билъараб лъел кӏиго стакан гьекъолеб бугелдаса. Щибаб 7-10 къоялдасан, ражидул лъел бакӏалда, гьекъола лимоналъул лъим. Жакъа дир бидул тӏадецуй къанагӏатги 140/80-ялдаса тӏаде унаро.\nРажидул лъим гьабулеб къагӏида.\n40 градусалъ хинлъизабураб лъим тӏола стаканалъубе. Гьенибе чӏинтӏула ражидул цо кӏудияб яги кӏиго гьитӏинаб гожо, 10-15 минуталъ тола гъорлъи босизе. Цӏвизеги цӏун, цинги гьекъола. Цӏидасан добго ражи добго стаканалъубе, ай лъелъеги бала ва анцӏго минуталдасан гьекъола.\nРажидул лъим гьекъезе байбихьилалде цӏех-рех гьабе, тохтурасда дандбай. Щайгурелъул чехь-бакьазул, кванирукъалъул унти бугел чагӏаз гьеб гьекъезе бегьуларо."}
{"slug": "23239-isana-dag-istanalda-ege-keze-bugo-12784-tsialdokh-anas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23239-isana-dag-istanalda-ege-keze-bugo-12784-tsialdokh-anas", "title": "Исана Дагъистаналда ЕГЭ кьезе буго 12784 цӏалдохъанас", "date": "2023-05-23 12:36:53", "categories": ["obrazovanie"], "text": "24 маялда улкаялда байбихьана исана школа лъугӏулел цӏалдохъабазул аттестациялъул аслияб бутӏа. гьелда бан «Дагъистан-РИА» информалаталъул залалда тӏобитӏана ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул тӏоцеесей заместитель Аида Тӏалхӏатовалъул пресс-конференция.\nМинистрасул тӏоцеесей заместителалъ бицана ОГЭялдеги ЕГЭялдеги хӏадурлъулаго, министерствоялъ гӏуцӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ. Масала, щибаб школалъул директоргун ва муниципалитетазул бутӏрулгун тӏобитӏун буго данделъи. Гьениб мухӏканго дандран руго пачалихъиял экзаменазда гӏадлу-низам букӏинабиялъулги, низамалъул тӏалабал цӏунизе ккеялъулги суалал.\nИсана рукӏине ругел цӏигьариязда гьоркьор А. Тӏалхӏатовалъ рехсана ОГЭялдаги видео-камераби лъолел рукӏин. «Гьеб буго ракӏбацӏцӏадго экзамен тӏобитӏиялъул мурадалда гьабулеб тадбир», — ан абуна гьелъ.\nЕГЭ кьолаго, цересел соназда ккана пашманал лъугьа-бахъинал (цо-цо цӏалдохъабаз хиял гьабуна гӏумруялдаса ратӏалъизецин). Гьединал хӏужаби исанаги такрарлъунгутӏиялъул мурадалда, школазул нухмалъулесда тӏадаб ишлъун министрасул заместителалъ рехсана цӏалдохъабазе психологияб кумек гьаби. «Гьединаб кумекалъе ресал ратизе кколин абун бицана муниципалитетазда тӏоритӏарал дандчӏваяздаги. Цӏалдохъабазе психологияб кумек гьабизе ккола тӏоцебесеб иргаялда эбел-инсуца. Экзаменалда дагьал балл щванин абун, дунялалдасаго рокьи бичун рукӏине бегьулареблъиги, исана кьун бажаричӏеб экзамен цоги нухалда кьезе рес букӏунеблъиги бичӏчӏизабизе ккола гьез жидерго лъималазда. Школазда руго психологиял хъулухъал – гьелги гӏахьаллъизе ккола гьеб ишалъулъ», — ан бицана А. Тӏалхӏатовалъ.\nГьелъул баяналда рекъон, 2021 соналда ГИА гӏуцӏиялъул рахъалъ Россиялъул регионазул рейтингалда Дагъистан букӏана 84-абилеб бакӏалда. «Гъоркьиса нилъ ккана 69-абилеб бакӏалде. Рособрнадзоралъул нухмалъулез абуна, Дагъистан букӏинаан бищун лъикӏ ГИА гӏуцӏараб 30 регионалда гьоркьобилан. Гьелъие квалквал гьабуна Интернеталда КИМал лъеялъул лъабго хӏужа тӏатиналъ», – ан бицана А. Тӏалхӏатовалъ.\nИсана ЕГЭ кьезе буго 12784 цӏалдохъанас. Гьезда гьоркьов вуго исана школа лъугӏарав 10915 цӏалдохъанги цересел соназда школа лъугӏизабурав 1352 чиги. ОГЭ кьезе буго 41210 цӏалдохъанас (араб соналде дандеккун, 6500 чи цӏикӏкӏун вуго исана). ГИА кьолел цӏалдохъабазул къадар гӏемерлъиялда бан, исана цӏикӏкӏинаризе ккана экзамен къабул гьарулел пунктал (ППЭ). Гьабсагӏаталда хӏадурун буго ЕГЭ къабул гьабулеб 74 пункт. Гьезда гьоркьоса 64 – лъай кьеялъул идарабазда ва хутӏарал – рокъор (сакъатал лъималазухъа экзамен къабул гьабизе) ва туснахъазда."}
{"slug": "23266-nakh-ojgi-shamilil-sukh-makh-azdasan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23266-nakh-ojgi-shamilil-sukh-makh-azdasan", "title": "Нахъойги Шамилил сухъмахъаздасан", "date": "2023-05-26 14:51:23", "categories": ["rel"], "text": "Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялда бан, гӏемерал батӏи-батӏиял тадбирал гьаруна «Ахӏулгохӏ» абулеб жамгӏияб идараялъ. Масала, гьезул цояб ккола чотӏахъаби Шамилил сухъмахъалккун ин.\nГьедин, гъоркьисалаги ана гьел Ахӏулгохӏдасан Даргъоялде щвезегӏан. Гӏицӏго гьел сухъмахъаздасан ин гуребги, гьезул мурад букӏана тарихиял цӏи-цӏиял хӏужаби лъазари, зияратазде щвей, бакӏ-бакӏалъул гӏадамалгун дандчӏвай.\nГьеб сапаралъул хӏасилги гьабун, исанасеб къокъаялде гъорлъе журана цоги батӏи-батӏиял гӏолохъабиги — Болъихъ районалъул Гъагъалъа, Лаваши районалъул Къулецӏмаса, Хасавюрт шагьаралдаса, Казбек районалдаса, Хьаргабиса, Гъуниса, Шамил районалдаса.\n31 чиясдалъун гӏуцӏараб чуязул къокъаялъ цӏияб сапаралъе байбихьи лъуна Даргъо росулъан.\nИсана нигат букӏана 1859 соналъ Даргъоялдаса Имам Шамил Гъуниб магӏарде щвезегӏан араб сухъмахъаздасан ине. Къокъаялъ тун буго, кинабниги 345 километраялъул нух — мугӏруздасан, гӏалахалдасан, кӏкӏалабахъан. Байбихьуда 31 чи вукӏараб батани, чачаназул Ведено районалъул Даргъосан Гъунире щвелалде гьенив гӏуна 55 чотӏахъан. Батӏи-батӏиял росаби къотӏун унаго, гьениса гӏолохъабиги журана гъорлъе. Бихьулеб букӏана тарих лъазабизе гьезул бугеб гъира -шавкъ.\nГъуниб магӏарде щун, гьениб ахир лъолеб мехалъ, гьенив вукӏана 55 чода рекӏарав. Киналниги гьез тун ругоан Болъихъ, Гъуниб, Шамил, Гумбет ва цогидал районалъул кинабниги 15 росу.\nГьеб сапар сабаблъун тӏатана жеги тарихалда загьирлъун рукӏинчӏел хӏужабиги. Масала, мухӏкан гьабуна наиб Хъараласул Мухӏамад кив вукъун вугевали. Гьел сухъмахъаздасан унаго, 17-ниги зиярат бугоан — Килалъ, Рикӏкӏвани, Болъихъ, Ругъжаб, Кӏижани, Ичичӏали ва Гъуниб.\nГӏадамазул кинаб дандчӏвай букӏарабали бицани, чотӏа рекӏарал гӏолохъаби гӏажаибго хутӏана росуго бахъун данде бачӏиндал. Нилъер чотӏахъабиги бачунаго зикригун лъугьунел рукӏана щибаб росулъе. Хасго кӏудияб гьоболлъи гьабуна чачаназул Ведено, Даргъо, Рикӏкӏвани, Кӏижани, Ичичӏали, Гъуниб, Ругъжаб ва цогидал росабалъ.\nХӏисабалде босун букӏана нухда анкьго къо базе. Гьелда тӏаде жеги цойгиги къоги жубана, щайгурелъул Имам Шамил 1859 соналъ жидер росулъан ун ватичӏониги, жидехъеги гьоболлъухъ рачӏаян гьарана цогидал росабазги.\nЩибаб росулъа чотӏахъабиги гӏахьаллъун, гьаруна мавлидал, бачана зикру, кӏудияб дандчӏвай гьабуна Килалъ, Ичичӏали росабалъ. Ичичӏалире гӏолохъаби рачӏиндал, Имам Шамил вукӏараб рокъоб жаниб лъуна мемориалияб къоно, гьелъие хӏаракатчилъи гьабуна Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповас ва Ичичӏали росулъа бизнесмен Гӏусман Къадиевас.\nЦо лъугьа-бахъинги ккана гьениб. Килалъ росулъе щолаго, кьурул рагӏалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго ракӏалда гьечӏого, цо чотӏахъанасул чу, хъущтӏунги ун, кьурдаса гъоркьеги бортун, хвана. Гьеб хабар рагӏун бугоан килдерил жамагӏаталда. Чотӏахъаби росулъе щвелалде жамагӏаталъ хӏукму къотӏун буго, чу хварав васасе росдал жамагӏаталъул рахъалдасан чу сайгъат гьабизе. Гьебги кколарищха Дагъистаналъул гӏадамазул гъунки, цоцазе квербакъи.\nГъуниб магӏарде щведал, районалъул бетӏерас ва имамас хӏурматалда дандчӏвай гьабуна гьеб къокъаялда. Гьенире рачӏун рукӏана байбихьуда чотӏахъабазул къокъа нухда лъурал Чачаналъа Жаватханов Гьарун ва гьесул вакилзаби. Гьел цӏакъ гӏажаиблъана Дагъистаналъул гӏолохъабаз гьабураб хӏалтӏуда ва рикӏкӏана гьединаб тадбир жеги Дагъистаналдаги Чачан Республикаялдаги лъицаниги гьабун букӏинчӏилан.\nГӏолохъабазул мурад буго хадусел соназдаги Шамилида ва гьесда хурхун гьарулел тадбиразда гӏахьаллъизе.\n«Хӏакъикъат» газеталдасан «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъаирбег Гӏабдулаевас гьел чотӏахъабазе баркала загьир гьабулеб буго Чачан Республикаялъул Ведено районалъул Даргъо росдал жамагӏаталъе, Болъихъ районалъул Рикӏкӏвани, Кӏижаниб росабазе, Гумбет районалъул Ичичӏали, Килалъ росабазе, Гъуниб районалъул Гъуниб, Ругъжаб росабазе ва Шамил районалъул Лъануб, Цӏекӏоб, Хучада, Хӏотода, Зивури, Тӏогьохъ росабазе.\nЦӏилъана гьоболлъи, гӏадамазда гъорлъ гьуинлъи, Чачан Республикаялдаги магӏарул миллаталъул хакъалда гьоркьоб тӏадеги щулалъана гьуинлъи, вацлъи."}
{"slug": "23267-tiad-chivarab-k-ork-ol-tiamkhitsa-k-otiarab-khietie-sakhl-ularo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23267-tiad-chivarab-k-ork-ol-tiamkhitsa-k-otiarab-khietie-sakhl-ularo", "title": "«Тӏад чӏвараб къоркъол тӏамхица къотӏараб хӏетӏе сахлъуларо»", "date": "2023-05-26 15:22:49", "categories": ["gara"], "text": "Стрессазул гӏасруян абула гьаб заманалда. Гьединлъидал гьанже баккун буго гӏадамал психологазухъе унеб гӏадатги. Гьедин дагьалъ цебе социалиял гьиназда Расул Гӏалисултанов абулев психологасул страницаялде тӏаде ккана дун.\nГазеталъе гьесулгун гара-чӏвари гьабизе ракӏалдеги ккун, лъай-хъвай гьабидал, гьев ватана Лаваша районалъул Урма росулъа.\nГьадин байбихьана Расулилгун гара-чӏвари.\n— Дун гьавуна ва гӏуна росулъ. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дие бокьулаан литература цӏализе. Дир эбелалъ 10 класс гурого лъугӏизабичӏо, амма гьей йиго кутакалда литература хирияй инсан. Гьелъго бижизабуна дирги гӏурус литератураялде рокьи. Жакъаги лъабабилеб-ункъабилеб нухалъ тӏатӏала юссун цӏалула гьелъ гӏурусазул классиказул асарал. Рокъов цӏалдолев чи вугеб мехалъ, лъималазулги хутӏилищха рокьиги гъираги бижичӏого. Хьолбохъ нижги чӏезарун, асаразда тӏасан накъиталги гьарулаан эбелалъ. Художествияб литература гуребги, нижер рокъоб цӏалуаан психологиялъул тӏахьалги. Масала, дир полкаялда руго жакъаги дица цӏалулел, нижеца хъван, нижехъе рачӏунел рукӏарал психологиялъул хӏакъалъулъ журналал.\nБищун цебе гьеб нух тӏаса бищана дир яцалъ. Хадуб дирги гъира ккана. Гьанже нижеда ракӏалда буго нижерго психологияб центр рагьизе. Дир цоги цӏали буго – юридикияб. Гьеб нухалъ инеги рес букӏана дир. Амма психологиялде цӏикӏкӏун цӏайи букӏиналъ, гьаб цояб нухалъ анаха.\nЦӏакъ кӏвар бугеб жо ккола рекӏее бокьараб хӏалтӏи-пиша тӏаса бищи. Щолеб гӏарцухъ балагьичӏого, рекӏее бокьараб, ракӏ бохизабулеб хӏалтӏи тӏаса бищизе ккола. Унго-унголъунги бокьичӏого гьабулеб хӏалтӏуца хадуб-хадубккунгӏаги гӏумруялда галгъенал лъечӏого толаро. Гьеб сабаблъун рес буго хъизаналъулгунги, эбел-инсулгунги, гьудулзабазулгунги гьоркьоблъи хисизе, захӏматаб бакӏалде ккезе.\n— Аслияб къагӏидаялъ кинаб ригьалъул гӏадамалгун мун хӏалтӏулев?\n— Дун ккола психолог-гипнотерапевт. Ай, кумек гьабизе бегьула, медицинаялъул кумек хӏажалъуларев бокьарав чиясе. Аслияб къагӏидаялъ дун хӏалтӏула 18 сонил ригьалдаса тӏадехун ругел гӏадамалгун. Нижеца рагьизехъин бугеб централде лъикӏа-лъикӏал специалистазул къокъа бакӏарулеб буго нижеца. Гьенив вукӏине вуго лъималгун хӏалтӏулев психологги.\nАслияб куцалъ дихъе рачӏуна самооценкаялда хурхараб суалгун. Гьеб буго щибав чиясе чара гьечӏого хӏажатаб жо. Гьелда бараб гӏемераб букӏуна. Дихъе рачӏуна сункьаниги хӏинкъа-къай бугел, эбел-инсулгун, хъизаналъулгун гьоркьоблъи захӏматаб хӏалалде ккарал гӏадамал. Финансазда сверухъ раккулел гӏузрабигунги хӏалтӏула дун.\nИнсанасда гӏумруялда жанир дандчӏвалел гӏузрабазул кьучӏлъун рикӏкӏуна мекъаб самооценка. Ялъуни нилъго тӏадегӏан гьари, ялъуни цӏакъго гӏодорегӏан гьари. Мекъаб самооценка буго хӏатӏалги гьечӏого рилълъин гӏадаб жо. Гьел «хӏатӏазе» дару гьабулел чагӏи руго ниж – психологал. Аслияб къагӏидаялъ ниж хӏалтӏула инсанасул самооценкагун.\n— Нилъер республикаялда ахираб заманалда гӏемерлъун руго ригьнал риххиял. Гьелъие аслияб гӏиллалъун щиб дуца рикӏкӏунеб?\n— Дир пикруялда, аслияб гӏиллалъун ккола хъизаналъул бугеб кӏвар бичӏчӏилалдего гьеб гьаби. Ахираб заманалда нилъеда бихьулеб буго 18-19 сон барал гӏолилаз хъизанал гӏуцӏулел рукӏин. Дица абиларо гьеб квеш бугин. Амма букӏине ккола гьелде хӏадурлъиги, жавабчилъи бичӏчӏиги. Гьеб ригьалда гьезул гормонал хӏалтӏизе байбихьула. Амма хъизан гӏуцӏун цо-кӏиго моцӏ индал, гъуждузде тӏаде ккараб жавабчилъи бичӏчӏидал, байбихьула гӏузраби раккизе. Сахаб хъизан гӏуцӏизе ккани, инсанасл рекӏел хӏалги букӏине ккола сахаб.\nКинаб букӏаниги психологияб галгъен камурав чи вукӏунаро. Гьеб сах гьабичӏел чагӏаз жиндиегоги сверухъ ругезеги ритӏухъаб къимат кьоларо. Сверухъ бугелъе букӏине кколеб къимат кьезе бажарунарев чияс сахаб хъизан гӏуцӏунги бажаринищха.\nМасала, цо пуланав 18-19 сон барав васас ячуней йиго рокьи ккун яс. Байбихьудасанго, гормоналги хӏалтӏун, гьесда рокьи тун батӏияб жо бихьулеб букӏунаро. Гьей ячинегӏан гьев гьей ясалъухъ валагьула йикӏинесей лъадиялъухъ гӏадин гурей, гормоналгун хӏалтӏизе бегьулей чӏужуялъухъ гӏадин. Гьелдасан бихьулеб гьечӏищ гьев васас гьей ясалъе ритӏухъаб къимат кьолеб гьечӏеблъи. Хадуб, кинабго жидедаго ракӏалде кковухъе батичӏеб мехалъ, гьел ургъизе байбихьула: цадахъ жидерго гӏунгутӏабазда тӏаддай хӏалтӏилел ялъуни ригьин биххизедай гьабилеб. Гӏемерисез тӏаса бищула ригьин биххизаби.\nГьединго, нилъерго хъизан гӏуцӏиялъул къагӏида нилъеца босула нилъерго эбел-инсул букӏараб гӏадаб. Эбел-инсуца гьоркьоблъи гӏуцӏараб къагӏида кидаго гуро битӏараб букӏунеб. Гӏелалги заманаги хисулебго гӏадин, гьебги хисула. Жидерго эбел-инсул гьоркьоблъиялъул моделал ритӏаралищ тӏекъалищ ругелали къимат кьун бажарунаро гьезда. Кӏиго гьединав чи дандчӏвараб мехалъ сахаб хъизанги букӏинищха. Гьел гӏузраби наслабаз наслабазухъе кьун уна. Психологиялда гьелда абула «Негативный поколенческий сценарий» — ян.\n— Гьединал ригьназде гьоркьоре эбел-эменги лъугьуна. Гьелъул кумекищ бугеб ялъуни квалквалищ?\n— Дагьа- дагьабгӏаги халкквеялъул зарал букӏунаро, гьел цӏакъго гӏолохъанал ругониги. Амма гьелъул гӏурхъи бахани, гьелъ, узухъда, зарал гьабиларищха. Гӏурхъи бахинчӏогоги къанагӏатги хутӏуларо. Бищун лъикӏаб буго, щивниги гьоркьове лъугьиннчӏого чӏани. Гьединлъидалин, хъизанги гӏакълуги бичӏчӏиги цӏубараб гӏужалда гьабуни лъикӏаб букӏунеб. Дир пикруялда, хъизанал риххиялъул кӏиго аслияб гӏиллалъун ккола гӏакълу цӏубалалде, цӏакъго гӏолохъанго ригьнал гьари ва гьел ригьназде гьоркьоре эбел-эменги гӏагарлъиги лъугьин.\nГӏемерисел гӏолохъабазул букӏунаро жалго бетӏергьанаб рукъги къайи-къоноги. Чияр рокъо ячӏуней йиго магӏишат-яшавалъул хӏакъалъулъ жиндирго бичӏчӏи бугей гӏолохъанай яс, гьебго рокъой йигей чӏужугӏаданлъул-якьадалъулги букӏуна жиндирго бичӏчӏи. Гӏиси-бикъинал жал сабаблъунгицин гьезда гьоркьоб ракӏ сукӏи, дагӏба-къец ккечӏого хутӏуларо. Гьебги батӏаго букӏунареб жо гуро, эбел-ясалда гьоркьобгицн гӏемер кколеб жо буго. Амма якьадалдаги нусалдаги гьоркьоблъи гьединал жалаз хӏалуцинабичӏого хутӏуларо.\n— Расул, жакъа цӏакъ гӏемер бицунеб буго эбел-инсулги лъималазулги гьитӏинаб къоялдаса нахъего хӏалуцунел рукӏиналъул. Гьебни кидаго букӏараб гӏузруги батила. Дур пикруялда, щиб гӏиллаялда бан жакъа гьеб гӏузру цӏакъго гӏемер загьирлъулеб бугеб?\n— Гьанжеги добго самооценка. Жиндидаго ракӏ чӏоларев чияс лъималазеги гьединабго тарбия кьеларищха. Лъималазги гьелдасан босула мисал. Гьанибги добго «Негативный поколенческий сценарий». Гӏемерисел эбел-инсуе кӏварго гьабуларо жидедаго гьоркьоб ккараб бичӏчӏунгутӏи, дагӏба-къецалъул хӏисаб-суал гьабиялъул. Гьеб кинабго лъималазда цебелъидал кколеб. Гьеб кинабго лъималазул психикаялдаги хъатӏичӏого хъутӏуларо. Гьелъул хӏисабалда, лъималаз жидерго напсалъул хӏакъалъулъги мекъаб пикру гьабула. Дагӏба-къецалда эбел-эмен рихьидал, лъимералъ пикру гьабула, жиндилъго бугин кинаб букӏаниги гӏузруян, живго лъиениги къваригӏун гьечӏин ккола гьелдаги.\nЛъималазул психикаялъе галгъенал ккеялъеги гьезулгун гьоркьоблъаби хӏалуциналъулги аслиял гӏиллабилъун ккола лъималазда цере конфликтал гьари ва букӏине кколеб хӏалалъ хӏисаб-суалги гьабичӏого, кӏвар кьечӏого гьел те. Гьединал гӏузраби раккидал, лъикӏаб буго психологасухъеги ун, гьесул малъа-хъваял гӏадахъ росани. Жинцаго жиндиего кумек гьабун бажарулареблъи бичӏчӏидал, гьеб гӏузруялъе дару гьабулев, гьеб тӏагӏинабулев специалистасухъе ине ккола чара гьечӏого. Масала, лъикӏаб хӏалалъ хӏетӏе къотӏани, чвахулеб би къотӏине тӏад гӏабкӏил, ялъуни къоркъол тӏамахги чӏван чӏунин абун, гьеб къотӏунареблъидал. Нилъ уна тохтурасухъе. Гьединго, гӏумруялъулъ гӏузраби дандчӏвайдалги, тӏатӏала квералги лъун чӏани, гьеб тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцуна.\nЖакъа къоялда, эбел-инсухъан гӏураб кӏвар щолеб гьечӏо гӏемерисел лъималазе. Дагьал кӏудиял гӏейгун, жидерго ругел гӏунгутӏаби кӏочон тезе рукӏине, гьел лъимал рала жидеего асар гьабулел жалазде: наркоманиялде, игроманиялде ва гь. ц. Гьелъ гьабулеб асаралъ (азарталъ) гьел гӏузраби жанир гъанкъизарула, кӏочон тезарула. Цо-цояз жидерго рекӏел хӏалуцараб хӏал хъачӏлъиялдалъун къватӏибе загьир гьабула (агрессия). Гьеб цонигияб, узухъда, лъикӏ букӏинищха. Рукӏуна лъимал, хӏеренал, хӏалимал, лъиего кумек гьабизе рортулел. Гьезие бокьун букӏуна жалго рихьизаризе, ай, гьез тӏалаб гьабулеб букӏуна сверухъ ругездаса жидедехунго кӏвар. Гьебги эбел-инсухъан гӏураб къадаралда внимание щолареб мехалда букӏуна.\n— 10-15 соналъ цебе, захӏматаб хӏалалде ккарав чиясде психологасухъе йаин абуни, гьесда дун мекъи вичӏчӏизеги рес букӏана. Жакъа психологасул бугеб кӏварги бичӏчӏулел, гьесдасан щвезе бегьулеб кумекги бичӏчӏулел гӏемер ругищ?\n— Цебеялде дандеккун, гьанже психологасухъе рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гӏадамазда гьезухъан щибниги кумек щоларин абулел чагӏи, жалго, балъго-гӏатӏго уна психологасухъе. Жакъа къоялда жалго психологалги гьеллъун рахъине бокьаралги гӏемер руго. Жакъа къоялда, психологазул хӏалтӏиялъул гӏадлу-низам гьечӏо хӏукуматалъул рахъалъан, нижеца кинал рукӏаниги налогал кьезе кколаро, лицензия тӏалаб гьабулеб гьечӏо. Абулеб бугоха, кватӏичӏого гьеб гӏадлу-низам нижер пишаялъулги букӏине буго. Гьедин гьабулеб бугони, бащадаялдасаги цӏикӏкӏун психологаз рехун тезе буго гьаб пиша.\n— Живго психологасе къваригӏунищ психолог?\n— Узухъда, чара гьечӏого къваригӏуна. Нижго психологасухъе унел гьечӏони, гӏадамазеги букӏине кколеб куцалъ кумек гьабун бажаруларо нижеда.\n— Психолог хӏисабалда, кинал малъа-хъваял гьарилел дуца гӏадамазе?\n— Психолог хӏисабалдаги, гӏадан хӏисабалдаги, дица сверухъ ругезе гьарила гьадинал малъа-хъваял:\nI) Гӏелазда гьоркьор дандеккунгутӏиялги дагӏба-къецалги кидаго рукӏарал жал руго. Гьеб букӏине бегьулареб жо гуро. Киданиги гьелдаса инкар гьабуге. Гӏодорги чӏун, гьезул хӏисаб-суал гьаби, цогидазул пикруялъухъ гӏенеккизе лъай– цӏакъ кӏвар бугеб жо буго.\n2) Кире кканиги, щиб кканиги кодоса тӏехь биччаге. Цӏалдеялъ, рекӏехъе кучӏдул лъазариялъ нилъер гӏадалнах сагӏат гӏадин хӏалтӏизабула. Цогидаб жоялъул бицинчӏониги.\n3) Спорталъулгун гьудуллъи кквей. Нилъер гӏадалнахуда цадахъ къаркъалаги хӏалтӏизе ккола.\n4) Хъизанал гӏуцӏилалде цебе, чанцӏулго психологасухъе ани лъикӏаб букӏина. Нилъ гьелде хӏадурун ругищ гьечӏещали бичӏчӏизе.\n5) Бадибчӏвай гьабичӏого, нилъеегоги гӏадамазеги ритӏухъаб къимат кьей. Критика гьабилалде, цин инсанасулъ ругел лъикӏал рахъазухъ балагье."}
{"slug": "23296-giachivekh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23296-giachivekh", "title": "ГӏАЧИВЕХЬ", "date": "2023-05-31 08:15:02", "categories": ["magiarul-margabi"], "text": "Гьерекӏдерил магӏарда жамагӏаталъул гӏачиязда вукӏун вугила къватӏиб росулъа вачӏарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гӏезегӏанго гӏадамал унел рукӏун руго Азайни вугев ханасухъе, гьесие сайгъаталъе батӏи-батӏияб пихъил цӏурал гьагьалги лъун, хӏамулги рачун.\nГьев ханасги жив кӏодо гьавун рачӏарал гьел гӏадамазе гьез бачӏаралдаго рекъараб батӏи-батӏияб сайгъатсалам кьун, ритӏулел рукӏанила. Хасго басрияб, бихъа-тараб ретӏел-хьит, партал гӏемер кьолеб букӏанила гьес.\nЦо нухалда дов гӏачивехьасул чӏужуялъ жиндирго росасда абунила:\n– Ле, дир бетӏергьанчи, нилъги хьит-парталалъулъ цӏакъго язихъго руго, мунги щай унарев Азайниве ханасухъе, гьесие кинаб букӏаниги сайгъатги босун. Гьенире арал гӏадамалги, партал-хьитги щун, рачӏунел руго, – ян.\n– Дунни гьениве кутакалда инаан, гьесие босизе жо бугебани, нилъерго щибго гьечӏогури, щиб босун дун гьесухъе инев? – ан абунила росас.\n– Дица курак балагьилин, гьедин батани, мун ине къачӏай, – ан абунила чӏужуялъ.\nЧанго къоялъ тӏатӏалаго батӏи-батӏиял гӏадамазе цебе ккара-ккараб хӏалтӏи гьабизеги хьвадун, цо хӏамида лъезе гьагьал цӏезегӏанасеб курак балагьанила чӏужуялъ.\nЦо кӏудияб сапаралъ къватӏиве вахъунев чи гӏадин, рачӏ хӏулараб хӏамида куракул гьагьалги лъун, Азайни ханасухъе сапарги бухьун, вехьги къватӏиве вахъанила. Росас гьениса рачӏунел жалазул пикрабиги гьарулаго, йоха-хинлъун гьев вачӏинегӏан, гӏачиязде хьвадилей чӏужуги йикӏанила.\nГьерекӏдерил мегӏерги бегун, эрпелдерил магӏарде щвараб мехалда, вехьасда дандчӏванила кутакалда ретӏел-хьиталъ къачӏарал, месед-гӏарцуца гвангъизабураб ярагъги барал, гъоркь чӏоларел кьариял чуязда рекӏерал цо чагӏи.\nГӏачивехь данде ккейгун, гьез чуял лъалхъизарунила, ва бищунго цеве вукӏарас, нухлуласдехунги вуссун, гьадин абунила:\n– Ле, нухлулав, мун щив чи, мун киса вачӏунев, киве унев чи? – ян.\n«Мун щив чи?» – абураб суалалъе «Дун вуго цо чи», – ян жавабги кьун, цогидал суалазе жавабги кьечӏого, гьев ине лъугьанила.\nЖидее дагьаб курак бичейилан гьаранила гьес гӏачивехьасда.\nГӏачивехьас абунила: – Валлагь, бичиларо, гьеб буго цӏакъ рикӏкӏадаса бахъа раб Азайниса ханасе сайгъаталъе босун унеб бугеб жо, – ян.\nГӏемер гьарданила гьел гьесда дагьаб жогӏаги бичеян, жидеца дуе дуца абураб гӏарацги кьелин. Нужеца кигӏан гӏемераб гӏарац кьуниги, бичиларилан вехьасги абунила.\n– Лъикӏ бугоха, а дурго Азайниве, – ян абунила гьесда хъахӏаб чода рекӏун вукӏарав чияс. Гьев чи живго Азайниса хан вукӏанила. Жиндирго хӏамаги цебе къотӏун, вехь Азайниве валагьун вилълъанила. Амма, магӏардаги сверун, ханги гьесул нукарзабиги вехьасдаса цере рокъоре щванила. Гьел рукӏанила хангун цадахъ мугӏрузде рекӏелгъеялъе тира-сверизе арал чагӏи.\nЦо заманалдасан гӏачивехьги щванила Азайниве, ханасул рукъги цӏехон, гьенив рещтӏанила, гьесие сайгъаталъе босараб куракги кьунила. Ханасул чагӏаз гьесие ва хъизамалъе бихъа-тараб ретӏел-хьитги гӏарацги кьунила ва нахъияб къоялъ берцинго, разиго нухда лъунила. Гӏачивехь нухде вахъун гӏемер мех балелде, нукарзабаздаса цояс ханасда гьадин абунила: – Гьадав гьоболасе кьурабгӏанасеб жо, гьабгощинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги, дуца нижее кьечӏо.\nГьеб дир ракӏалъе цӏакъ захӏмалъана. Гьабсагӏаталда досда хадувги ун, дуца досие кьураб жо бахъизе ракӏалде ккун буго дида, – ян.\n– Лъикӏ буго, – ян абунила жиндирго нукар къварид гьавизе бокьичӏого ханас, – амма дуца досие ярагъ-квералдалъун щибго жо гьабуге, кӏолеб бугони, хабар-кӏалалдалъун бахъе. Бан лъикӏаб ярагъгун, рекӏун чодагун, нукар вахъа — нила гӏачивехьасда хадув.\nХанасул ракь телалдего, нукар гьесда хадув гъунила ва борхатаб гьаркьидалъун ахӏанила гӏачивехьасде:\n– Ле, нухлулав, мун чӏа, ханас дун витӏун вуго мун нахъвуссинавун жиндихъего вачейилан! – ян.\nЩибизедай дун гьесие абун, батӏи-батӏиял пикрабиги гьарулаго, вехь цӏакъго ургъалилъе кканила. Гьев дагьавги захӏматаб хӏалалде ккезавизе къваригӏун, тӏаде щварав нукарас гьесда абунила:\n– Дица кьураб лъабго суалалъе дуца битӏун жаваб кьуни, дица мун нахъвуссинавун вачинчӏого тела, – ян.\nЛъикӏ бугилан вехьги разилъанила. – Кье дурго суалал, дица кӏвараб куцалда дур гьел суалазе жаваб кьела, – ян абунила вехьас.\n– Гьаб дунялалъул бакьулъ бакӏ киб бугеб? – ан гьикъа — нила нукарас гьесда тӏоцебе.\n– Гьаб дир чӏегӏераб хӏамил щинкӏил чӏараб бакӏалда гъоркь буго, гьелда божиларин ккани, борце дуцаго, – ян абунила гӏачивехьас нукарасда.\nБегьанила вехьасул гьеб жаваб нукарасе. – Гьадаб зодоб чан цӏва бугеб? – ан гьикъанила кӏиабизеги нукарас гӏачивехьасда.\n– Гьаб дир чӏегӏераб хӏамида чан рас батаниги, гьедигӏан цӏва буго зодоб, гьелда дур щаклъи кколеб батани, рикӏкӏе дуцаго, – ян жаваб кьунила гьелда дандеги гӏачивехьас. Бегьанила гьеб жавабги нукарасе.\n– Гьанже дуца бице бищун ясазе вокьулев чи щивали?– ян гьикъанила лъабабизеги нукарас.\n– Гьеб дуца ретӏун бугеб ретӏелги, бан бугеб ярагъги, гъоркь рекӏун бугеб чуги дихъе кье, – ян абунила, хӏал хъубав нукарасда ракӏалда бугеб жо бичӏчӏизе лъугьарав гӏачивехьас,\n– гьебмехалда дица бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукӏуневали.\nХисанила гьез ретӏелги, банила гӏачивехьас нукарасул ярагъги, ваханила гьев нукарасул чодеги ва «Ясазе гьадинав чи вокьула!» – янги ахӏун, кьабун чода цӏалгун, «Дуе къо-мех лъикӏ!» – илан нукарасдаги абун, бухъизабунила гӏачивехьас рокъобе.\nВехьасул хӏул-хӏулараб чӏегӏераб хӏамаги цебе къотӏун, ханасухъе тӏадвуссун нукарги анила. Гӏачивехьасулги жиндиргоги ккараб гьес ханасда бицанила. Гьебмехалда ханас гьесда абунила: – Чӏалгӏаде гуреб дос, мун щиван гьикъараб мехалъ, дун цо чи вугилан доб магӏардаго абун букӏараб. Долъул магӏна букӏана, дун вуго цо чиясда данде чи абураб магӏ — на, – ян."}
{"slug": "23301-batii-batiiyal-dinazul-vakilzabazda-gorkob-rek-el-tsiunuleb-forum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23301-batii-batiiyal-dinazul-vakilzabazda-gorkob-rek-el-tsiunuleb-forum", "title": "Батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьоб рекъел цӏунулеб форум", "date": "2023-05-31 18:01:14", "categories": ["history"], "text": "31 маялда «Дагъистан» РИАялда бицана гьанжегӏар республикаялда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб диназда гьоркьосеб гӏолилазулаб форумалъул хӏасилазул хӏакъалъулъ.\nИсана анцӏабилеб нухалда тӏобитӏараб гьеб форумалъул мурадаялъул ва масъалабазул хӏакъалъулъ бицине рачӏун рукӏана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулев Заур Уруджев ва ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Гӏумар Абакаров.\nИсанасеб форумалда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса, Волгоградалдаса, Ставрополаздаса, ЛНРалдаса ва цогидалги регионаздаса студентал. Рачӏун рукӏана батӏи-батӏиял регионаздаса экперталги Египеталдаса, Йеменалдаса, Туркменисталдаса, Афгъанистаналдаса, Нигериялдаса ва цогидал улкабаздаса вакилзабиги.\n«Батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьоб тӏобитӏулеб халкъазда гьоркьосеб форум Дагъистаналда гьабулеб букӏиналъул магӏна ккола гьанир чанго батӏиял миллаталги конфессиялги цадахъ рекъон гӏумру гьабулел рукӏин», — ан бицана Заур Уруджевас.\n«Гӏадамаз кинаб букӏаниги диналъул хӏисаб гьабула, «къимат кьола», гьелъул вакилзабазухъ, гьезул хьвада-чӏвадиялъухъ балагьун. Жибго диналъул хӏакъалъулъ цӏалун, цӏех-рех гьабун лъазабуларо. Диназда гьоркьосеб форумалдаян абуни студентазул рес буго исламияб, насранияб, ягьудияб, буддизмалъул диназул хӏакъалъулъ экспертаз бицунеб рагӏизе. Гьенир данделъарал батӏи-батӏиял диназул вакилзабазул цогӏаги бахӏс букӏинчӏо, гӏицӏго цоцаз бицунелъул интерес гьаби гурони. Гьенир гӏахьаллъулез хӏаракат бахъулеб букӏана цоцазда хъвараб, цоцазда жалго ричӏчӏунеб бакӏ батизе, батӏи-батӏиял диназда гьоркьор ккезе рес бугел гӏунгутӏаби цереккунго лъазаризе», — ян бицана Гӏумар Абакаровас.\nДандчӏварал захӏмалъаби гӏакъилаб каламалдалъун, гӏодорги чӏун тӏуразе бегьулеблъи бихьизабунин форумалдаян тӏаде жубана З. Уруджевасги.\nФорумалъул гӏахьалчагӏи щвана РФялъул лъабго батӏияб диналъул гьулаклъун кколеб Дербент шагьаралде ва гьелъул кӏвар бугел бакӏазде."}
{"slug": "23322-muslimatal-va-sila-materej-zhamgiiyatal-l-imal-rokhizaruna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23322-muslimatal-va-sila-materej-zhamgiiyatal-l-imal-rokhizaruna", "title": "«Муслиматалъ» ва «Сила матерей» жамгӏияталъ лъимал рохизаруна", "date": "2023-06-02 17:50:36", "categories": ["obshestvo"], "text": "Кӏиабилеб июналда «Муслимат» Руччабазул регионалияб жамгӏияб гӏуцӏиялда, СВОялда хварал аскариязул лъималазе байрам тӏобитӏана.\nЛъимал цӏуниялъул къоялде «Муслиматалъ» ва «Сила матерей» абураб СВОялъул гӏахьалчагӏазул улбулгун лъудбузул движениялъ гӏуцӏараб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна «Матери России» ДРОялъул председатель, Махачхъалаялъул Ленинский районалъул депутат Сефижат Мухӏамадрасуловалъ, ДРялъул милияб политикаялъул ва диниял ищазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулей Хасайбат Валиевалъ, ДРялъул информациялъул ва печаталъул агентствоялъул нухмалъулесул заместитель Наида Мухӏамадовалъ, ДРялъул ва Ингушетиялъул халкъияй артистка, Пачалихъияб ДУМАялъул депутатасул кумекчӏужу Зульфия Ильясовалъ, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз.\nГьитӏичазда байрам баркулаго, гьезул улбуздехунги ракӏбатулеб калам гьабуна ва лъималазе рухӏияб тарбия кьеялъулъ ва дандчӏварал захӏмалъаби тӏуразе квербакъизе хӏадурал ругин руччабазул динияб жамгӏияб гӏуцӏиян абуна:\n«Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Эбел-инсуца лъималазе кьолеб бищунго лъикӏаб ирслъун тарбия ккола», — ян. Аллагьас къуват кьеги нужее бихьараб къварилъи хӏехьезеги лъималазе тарбия кьезеги».\nХасайбат Валиевалъги гьитӏичазда байрам баркана ва бицана: «Гъарачаево-Черкесия республикаялда вугев ДРялъул вакилас лъазабуна Дагъистаналдаса СВОялъул гӏахьалчагӏазул лъимал (20) къабул гьаризе ругин, рехсараб республикаялъул хӏухьбахъиялъулал ва сахлъи щула гьабиялъул лагеразда. Нилъер республикаялъин абуни, къабул гьаризе руго Гъарачаево-Черкесиялдаса лъимал».\nЛъимал цӏуниялъул къоялде тӏобитӏараб байрамалда рихьизаруна кӏаз (хӏижаб) чӏвазе ва гӏараб хӏарпаз берцинго хъазе малъулел мастер-классал. «Муслимат» ДРООЖалда цебе рагьараб «Аманат» лъай кьеялъул централда цӏалулел лъималаз рекӏехъе цӏалана Къуръаналдаса аятал, рикӏкӏана кучӏдул, бицана исламалъул хӏакъалъулъ. Гьитӏичазда гьоркьоб диниял асалаби лъаялъул ва бицанкӏабазул фикторинаги тӏобитӏана. Тӏагӏамаб квенги сайгъаталги кьун рохизаруна СВОялъул гӏахьалчагӏазул лъималги."}
{"slug": "23350-rakh-bitiun-baj-giolokh-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23350-rakh-bitiun-baj-giolokh-abi", "title": "Рахъ битӏун бай, гӏолохъаби!", "date": "2023-06-06 17:02:44", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Пикру гьабулев чиясда бичӏчӏула ва бихьула гьаб дунял, нилъее къокъабго заманаялъ гӏумру гьабизе кьураб, хӏалбихьиялъул рукъ букӏин. Гьаниб балеб нусго сонги халатаб гӏумру гуро. Саназул къадар дагьаб букӏаниги, цо-цо чияс дунялалда бараб 40-50 сонги халатаб, инсанияталдаго гӏасрабаз ракӏалда чӏолеб, гӏемерав чисе пайда гьабураб, къисматалъул гӏуруде данде квачӏ бараблъун бихьулебги букӏине бегьула.\nНусилъа арал сонал раниги, цо къо бараб гӏадин, кӏочон теялъул пардавалъул риццатал гъатаз вахчунги хутӏизе бегьула инсан. Гьелдалъун бичӏчӏула: аслияб жо дунялалда рарал соназул къадар гуро, гьезда жаниб лъураб магӏна, гӏадамазе ккараб пайда, Аллагьасе гьабураб тӏагӏат, ай Аллагьасе гӏоло гьабураб лъикӏаб гӏамал, Тӏадегӏанасул амруялда нахъ рилълъин букӏин.\nАмма гӏемерисезул иш машгьурав гӏурусазул шагӏир Сергей Есениница абухъе кколеб буго:\n«Как мало пройдено дорог –\nКак много сделано ошибок»…\n«Нахъа тарал нухал цӏакъ дагьал руго,\nГьарурал гъалатӏал – унго гӏемерлъи!»\nГъалатӏалго гьаруларел малаикзабилъунги ритӏун гьечӏо нилъ гьаб дунялалде. Гъалатӏги мунагьги щиб жоялиги бичӏчӏулел, щивасе бихьизабураб къисматалъул нухдасан унаго, Бетӏергьанас кьураб лъикӏлъиялдаса роххун шукруги гьабизеги лъалел, Гьесго цере лъурал захӏмалъабигун къеркьолаго щиб бихьаниги, сабруялдаги рукӏунеллъун ричан руго. Гьедин хьвадизе ккани, цӏакъго кӏвар цӏикӏараблъун буго щулияб иман букӏин ва исламияб хьвада-чӏвади кӏалъаялъулъ гуреб, тӏагӏат гьабиялъулъцин гуреб, рекӏелъ букӏин. Нилъее бокьун буго Иманги рекӏелъ щула гьабун Исламалда рекъон хьвадизе гуреб, Иманги, Исламги, шаргӏги, гӏумруги нилъеда рекъон букӏине, нилъер гӏунгутӏабазда, хӏатта мунагьаздаги тӏад рекъон чӏезе. Нилъецаго Исламалда рекъон напсги куцазе черхги хӏалтӏизабизе нилъер цо кӏудияб гъираго гьечӏо. Гьединлъидал, нилъ гӏалимзабигун, дибирзабигун къацандулел руго, гьезда нилъедаялдаса цӏикӏкӏун лъалеблъи бичӏчӏулебги букӏин якъинаб бугониги. Нилъ къацандулел руго кидаялиго лъицаялиго гьадин абулеб букӏанин рагӏаралда мугъги чӏван, гӏелмияб лъайги гьечӏого. Гьеб гьедин букӏиналъе хӏужаби рачине лъугьани тӏубараб тӏехь лъугьина.\nДие бокьун буго цо, дир пикруялъе рахӏат толареб, гӏиллаялъул бицине. Нилъеца бицунеб харбилъги, хӏатта вагӏза насихӏаталъулъги Цогояв Аллагьас бижараб гӏумру гьаб дунялалдеги ахираталъул дунялалдеги рикьулаго, тӏей гьечӏого цоцада рухьарал, цоцада хадур цун ругел, цояб цойгиялде хӏадурлъилъун ругел гьел цоцадаса ратӏа гьарулел, рикӏкӏад гьарулел руго. Хӏатта гьаб дунялалда цӏарцин лъолеб буго «светияб», «дунявияб» гӏумруйилан, ахираталдаса батӏалъулеб хӏалалъ. Атеистасда гьениб гӏемераб къого бихьулеб гьечӏо, «диналдаго хурхинчӏеб», «жинде Аллагьасул асарго гьечӏеб», «нужер беразда бихьулеб», «тӏабигӏаталъ жибго жинцаго лъугьинабулеб» гӏумру абун тӏаде жубазе.\nГьаб дунялги Аллагьас бижараб, Гьесул асар гьечӏого щибниги лъугьунареб, нилъее хӏажатабщинабги чӏезабун, ахираталъул нухда нилъер хӏал бихьизе кьураб букӏин Иман бугев чиясда лахӏзаталъги кӏоченаро, кӏоченеги бегьуларо. Аллагьас инсанасе кьун буго гӏакълу, пикру гьабизе ва кӏалъазе гьунар. Гӏакълуялъул бетӏергьанасда, пикруги гьабун, щай жив вижаравали ва сундуе вижаравали лъазе ккола. Лъалеб гьечӏони, гьесие гьеб гӏакълу кьеялъул магӏнаго гьечӏо.\nГӏакълу Аллагьасго кьечӏев чи вугони, гьесда нилъеца «гӏабдал» — илан абула. Гьесда тӏад лъураб жоги щибго гьечӏо. Психологиялъул гӏалимзабаца гӏабдаллъун рикӏкӏарав чияс гьабураб такъсирцин рикӏкӏунаро. Аллагьасги фарз тӏубаянцин абуларо жужахӏалдеги витӏуларо. Гьедин букӏаниги, нилъеда гьоркьосан щивго разилъиларо, гӏакълуги нахъе босун, гӏабдаллъун лъугьине.\nГьединлъидал, Аллагьасе тӏагӏат гьабизеги, гӏадамаллъун гӏадамазулъ рукӏинеги нилъго разилъун, нилъецаго тӏаде босараб амру ккола. Гьеб тӏубалеб гьечӏони нилъ, Аллагьасе гурелги, нилъерго тӏадебосиялъеги хилиплъарал чагӏи ккола. Цо-цоязе цӏакъ бокьун букӏуна дин кӏиабилеб бакӏалде хъущтӏизабизе, дунявияб гӏумру цебе лъезе. Гьеб ккола гьоко чода цебе бай гӏадаб жо. Хӏакъикъаталда гӏумруялъулъ букӏине ккола гьадинаб тартиб – хадуб-цебе рекъей:\n1.Тӏадегӏанав Аллагь – кинабго бижарав, кинабго лъалев 99-абго сипатазул Бетӏергьан, бищун кӏудияб, цоги щивго ва щибго жинде рахунареб гӏакълу, Гьесдасан бачӏанщинаб.\nАварагзаби, бетӏералда Аллагьасул ахирисеб амру халкъазухъе щвезабурав аварагзабазул хатму Мухӏаммадгун (жинда Аллагьасул ссалатги саламги лъеяв) ва гьесдасан бачӏанщинаб, гьесда нахърилълъарал гӏалимзаби.\nИсламиял ва Аллагьас рижарал дунялалъул гӏалимзаби, иман щулиялги цере ккезарун.\nАллагьасдаса хӏинкъарал муъминзаби.\nАллагьасе гӏоло лъикӏаб гӏамалалда хьвадулел чагӏи.\nГьаб тартиб буго гӏакълуялъул камиллъиялъухъ балагьун гьабураб. Гьединаллъун гьечӏони, 1 ва 2 хутӏизегӏан, гьезулги гӏакълу мукъсанлъулелъул ва гьаб тартибалдаса рахъулелъул.\nГьездаги гьел гурел дунялалда вижанщинав чиясдаги Аллагьас тӏадаблъун гьабун буго дунялалда гӏумру гьабизе. Гӏицӏго хӏалалъи- хӏарамлъиялъул гӏорхъи цӏуни буго нилъее хӏалбихьилъун кьураб жо. Дунялалъул хӏалбихьиялъе жавабги кьечӏого ахираталде хьул лъурав чи кколев вуго, рекьиги тӏаса-масаго, хашго гьабун, хаслихъе лъикӏаб бачӏиналде хьул лъуравлъун. Дунял, ахираталъе бачӏин щвезе, бекьулеб хур бугинги абулелъул гӏалимзабаз.\nДирни, заманалда хурги бекьичӏого, херлъараб мехалъ гьардухъ лъугьарав чиясул хӏисаб бугин: киназдаго дугӏа гьабеян гьарделев хутӏун вуго. Рахъ битӏун бай, гӏолохъаби! Рекьи-хӏалтӏи заманалда гьабе хурухъаби, ай бусурбаби!\nБихьун лъарав\nСурат босана гьаниса: https://klike.net/10419-kartinki-zhiznennyj-put-100-foto.html"}
{"slug": "23402-patiimat-takhinaeva-shamilitsa-zhintsago-kh-vana-zhiv-asir-kkolilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23402-patiimat-takhinaeva-shamilitsa-zhintsago-kh-vana-zhiv-asir-kkolilan", "title": "«Патӏимат Тахӏнаева: Шамилица жинцаго хъвана жив асир кколилан»", "date": "2023-06-14 12:29:07", "categories": ["rel"], "text": "7 июналда Махӏачхъалаялда Профсоюзалъул минаялъул зал занкӏун цӏун букӏана тарихчӏужу Патӏимат Тахӏнаевалъухъ гӏенеккизе рачӏарал чагӏаз.\nГьелъ бицана лъабавго имамасул заманалда Дагъистаналда букӏараб жамгӏиябгун политикияб ахӏвал-хӏалалъул. Гьелде щвезегӏан чанго моцӏалъ цебеккун батӏи-батӏиял харбал тӏиритӏизарулел рукӏана тарихчӏужуялъул рахъалъ. Масала, гьелъ имам Шамил какун вугила, гьев гӏурусаз унголъунги асир гьавун вукӏанилан чӏун йигин гьейилан. Гьединлъидал лекциялъухъ гӏенеккизе рачӏарал гӏемерисезеги хас гьабун гьеб суалалъе жаваб щвезе къваригӏараб хӏисаб букӏана.\nЦебегоялдасаго бугеб дагӏба кколелъулха Шамил асирищ гьавурав яги кӏалъа-басаязде вачӏаянги абун, махсародейищ ккурав абураб суал.\nАсир гьавиялъул тема къазе кколин цоял, гурин, кинаб батаниги, битӏараб бицине кколин, гьеб нилъер тарихлъидал кколебилан дорасахун ахӏдолел гӏолохъабазул, цого хъуй бахъана гьеб къоялъ залалдаги.\n«Имам Шамил асирлъуде унев вукӏинчӏо, амма гьев асирлъуде ккана. Хъизангун цадахъ кӏагьадерил тӏалъиялда вугев гьесухъе сардилъ Даниял-Султан (Барятинскиясда цадахъ имамасулгун кӏалъа-басаязда вукӏарав) вачӏуна. Жинца жиндирго яс Каримат (имамасул вас Мухӏамадил лъади) нахъе ячунин гьев чӏедал, Шамилица инкар гьабулеб букӏун буго гьей йиччазе. Цинги Даниял-Султаница абула мун асир гьавурав чи вугин, жинца жиндирго ясги асирлъуде йиччаларилан. Гьедин хъвалеб буго Гӏабдурахӏманица (Гъазигъумекиса – авт.).\nГьединго нилъер Миллияб музеялда буго 1859 соналъул ноябралда имам Шамилица жиндирго квералъ наиб Мухӏамадаминихъе хъвараб кагъат. Гьес гьениб хъвалеб буго жив вугин асирлъуде ккарав имам Шамилилан.\nДица гьаниб бахъиларо гьеб суалалда сверухъ цӏа боркьараб дагӏба-къец багъаризабурав чиясул цӏар. 1991 соналда имам Гъазимухӏамад ракӏалде щвезавун тӏобитӏулеб гӏелмияб конференциялда цӏалана гьеб «Шамилил нусго кагъат» абураб тӏехьалъул авторас (Хулата Гӏумаров – авт.). Гьесда тӏокӏкӏун лъалаан имамас кагътал хъвалеб къагӏидаги гьесул хатӏги. Гьеб кагъатги имамас жиндирго квералъ хъвараб бугин абулаан Гӏабдурахӏманица», — ян бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ.\nАмма цогидав тарихчи – Шамхалдибир Гӏисаев кинго разилъулев гьечӏоан гьелъул пикруялда: гьев Гӏабдурахӏманица хъвараб жоялдаги гьедигӏан кутакалда ракӏчӏун рукӏине кколарила, Тахӏнаевалъул росулъа Хӏажигӏали Данияловасдаса разилъи гьечӏолъиги загьир гьабуна гьес, гьесулги гьелъулго гӏадаб пикру букӏанила. Цинги Шамхалдибир Гӏисаевас Лазаревасул хӏакъалъулъ цо жо бицинехъин букӏана рагӏа-ракьанде щун магӏарул мацӏ лъалев вукӏарав Лазарев абун. Расги лъалароан Лазаревасда магӏарул мацӏ абун гьоркьов къотӏизавуна Патӏимат Тахӏнаевалъ гьев.\nЗалалда ахӏвал-хӏал гӏодобиччазабизелъун, Шагьрудин Шамхаловасул (советияб заманалда рукӏарал республикаялъул нухмалъулезул цояв) хӏакъалъулъ цо бицен ракӏалде щвезабизе лъугьана Хунзахъа тарихчи Мухӏамад Гӏаммаев. Магӏарухъ ЛЭП (высоковольтная линия электропередач) лъунилан, партиялъ кьварараб бадибчӏвай гьабун буго гьесие (выговор). Цинги ахиралда кӏалъазе ихтиярги кьун буго Шагьрудиние. «Выговорал рукӏуна кьолелги рахъулелги жал. Гьанже гьал ЛЭПал нахъе рахъизеги хӏал бихьеха нужецаго» ян абун буго гьес.\n«Гьединлъидал, Патӏимат, хъвай, дуцаго хъвалеб букӏараб куцалъ. Киназгоги ецциларо мун, амма гӏемерисез дуе баркала кьезе буго. Критикалги рукӏина, тарихалъул магӏна бичӏчӏулеб ххвел гьабулел критиканалги рукӏина. Амма улкаялъул президентасул Администрациялде щвезегӏангицин дуда бугьтаналги лъун кагътазда гьоркьоб цониги гьечӏо унго-унголъунги гьабураб гӏелмияб критика», — ян абуна Мухӏамад Гӏаммаевас.\nПалхӏасил, жеги гӏезегӏан асар гьабулел кӏалъаял рукӏана гьенир. Гьезул хӏисабги гьабун, Патӏимат Тахӏнаева цӏидасан ахӏизе кколин гьалдасаги кӏудияб залалдеян абураб хӏасил гьабуна гьеб тадбир нухда бачарав жамгӏияв хӏаракатчи Сулайман Уладиевас."}
{"slug": "23679-dunyalal-ulgo-madaniyab-khazinayal-ul-dag-istan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23679-dunyalal-ulgo-madaniyab-khazinayal-ul-dag-istan", "title": "Дунялалъулго маданияб хазинаялъулъ – Дагъистан", "date": "2023-07-13 09:59:27", "categories": ["lit"], "text": "1-5 июлалда Дагъистаналда тӏобитӏана «Горцы» абураб фольклоралъул ва маданияталъул халкъазда гьоркьосеб ХХӏ фестиваль.\nГьелда гӏахьаллъана Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса, Азербайжаналдаса, Белоруссиялдаса, Монголиялдаса, ДНР ва ЛНР республикабаздаса творческиял коллективал ва халкъиял махщалил устарзаби. Дагъистаналдаса фестивалалда гӏахьаллъи гьабуна 50-ялдасаги цӏикӏкӏун фольклорияб коллективалъ.\nФестиваль тӏобитӏана «Культура» абураб миллияб проекталда рекъон, ЮНЕСКОялъул ишазул рахъалъ РФялъул комиссиялъул квербакъиялдалъун.\n«Горцы» фестивалалъе байбихьи лъуна Авар театралда цебе бугеб майданалда.\nРасул Хӏамзатовас 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда «Россиялъул гьаракь» абураб халкъияб творчествоялъул байрамалдалъун рагьана гьаб нухалда халкъазда гьоркьосеб фестиваль. Байрамалде рачӏаразе жидерго махщел рагьана Дагъистаналъул пачалихъияб операялъул ва балеталъул театралъул, Даггосфилармониялъул, «Каспий» Дагъистаналъул пачалихъияб кьурдул ансамблялъул, Махӏачхъала шагьаралъул культураялъул управлениялъул лъималазул филармониялъул артистаз.\nХалкъияб творчество бихьизабуна РДНТялъул «Волна», Махӏачхъалаялъул «Лукоморье» ансамбляз ва республикаялъул батӏибатӏиял шагьараздасагун районаздаса артистаз. Расул Хӏамзатовасул рагӏабазда кучӏдулги ахӏана гьез.\nГьелдаса хадуб «Халкъиял гӏадатал» абураб концерт бихьизабуна тахшагьаралъул аслияб майданалда. Гьениб Дагъистаналъул халкъазулгӏадатал рихьизаруна ва кьурдабигун, кечӏ-бакъангун цере рахъана Болъихъ, Шамил, Хунзахъ, Унсоколо, Гъуниб, Лъаратӏа ва цогидал районазул фольклориял коллетиктивал.\nГьединго, фестивалалъул гӏадаталда рекъон, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана республикаялде рачӏарал творческиял коллективазул вакилзабазулгун данделъиги. ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, тадбир рагьулаго, абуна фестиваль тӏобитӏулеб бугин маданияб ирс цӏуниялъе ва цебетӏезабиялъе, гьединго халкъаздагун миллатазда гьоркьоб бухьен щула гьабиялъе гӏоло. «Горцы» фестивалалда гӏахьаллъулел нилъер ва цогидал улкабазул вакилзабаз маданияб ирсалъул унго-унгояб бечелъи бихьизабуна. Нилъер халкъазги гӏадатал ва халкъияб творчество цӏуниялдалъун, тӏолгодунялалъул маданияталъул хазинаялъулъ кӏудияб бакӏ кколеб буго», — ян абуна ДРялъул культураялъул министралъ.\nКӏиабилеб къоялъ фестивалалъул гӏахьалчагӏазда гьоркьоб тӏобитӏана «Нилъер Расул» абураб адабияталъул марафон. Гьелда гӏахьаллъана Бежтӏа участокалдаса, Болъихъ, Лак, Хасавюрт, Агъул районаздаса, Махӏачхъала шагьаралдаса кучӏдул рикӏкӏунел ва шагӏирзаби. Гьединго Махӏачхъалаялъул Родопалъул бульваралде ракӏарунрукӏана улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса бищунго лъикӏал хал- къиял махщалил устарзаби ва гье- нир лъун рукӏана гьезул хӏалтӏаби.\nГьезда гьоркьоб къадруяб бакӏ ккун букӏана республикаялъул халкъияб махщалил устарзабаз. Масала, цӏулал, гӏарцул ва меседил тӏагӏелал, миллияб ретӏел ретӏарал ясикӏаби ва цогидабги халкъияб махщалил къайи-матахӏ бихьизе лъун букӏана майданалда гьеб къоялъ. Фестивалалъул программаялда рекъон, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана «Гӏурусазул майдан» абураб хъа- захъазул культураялъул байрамги. Щуабилеб июлалда, Л. Н. Толстояс 195 сон тӏубай кӏодо гьабуна Гӏурус театралда цебе. Гьениб жидерго фольклор бихьизабуна Дагъистаналъул ва улкаялъул цо-цо регионаздаса творческиял коллективаз. Гьебго къоялъ Родопалъул бульваралда тӏобитӏана «Русский казачий мир России» абураб суратазул выставкаги."}
{"slug": "23680-gve-insanasul-gudulishch-yagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23680-gve-insanasul-gudulishch-yagi", "title": "Гьве: инсанасул гьудулищ яги…", "date": "2023-07-13 10:04:59", "categories": ["kaziyat"], "text": "Нилъеда кидаго бицунеб рагӏула гьве инсанасул гьудул кколин абун. Руго гӏезегӏан лъугьа-бахъинал ункъхӏатӏилаб гьалмагъалъ гӏадамал хвасар гьарураб, гьезие лъикӏлъиялъе батараб. Амма гьединаб хӏужа жеги бихьичӏо ва рагӏичӏо Каспийскиялдагун Махӏачхъала шагьаразда. Гьелъул гӏаксалда, гьениб лъимада хӏанчӏана, доба гӏадамазде бортанаян гӏемер хъвала. Хасго ниж ругеб рахъалда, Каспийскиялда, руго цӏакъго квешал, хӏинкъи бугел гьаби. Чанго нухалда гьаби кколел чагӏазухъе, участковиязухъе кӏалъаниги, къоялдаса къоялде цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулел гьечӏо гьел. Рогьинегӏан хӏапдола, толаро рахӏаталда хӏухьбахъи гьабизе.\nРиидалил заманалда къватӏахъ лъималазулги чӏахӏиязулги къадар цӏикӏкӏуна. Хасго цӏикӏкӏун руго гьабсагӏаталда нилъехъе рачӏарал гьалбал-туристал. Гьезиеги ракӏ гӏодобе биччараб хӏал гьечӏо гьеб рахъалде балагьани.\nЦо къоялъ радалго ралъдахъе унел рукӏана. Гали бахъа-бахъаралъуб букӏана гьабзазул къапила. Нилъеде бортулеб гьечӏониги, гьеб бихьарабго ракӏ хӏинкъичӏого хутӏуларо. Хӏинкъарав чиясде бортулин абулелъул гьве, «къвакӏун» цересан ине ккола.\nЩибаб къоялъ къватӏире рахъине бокьаниги, гьеб къоялдаса хадур, цадахъ чи гьечӏого, нижго ралъдахъеги паркалдеги ине хӏинкъула. Жалго жидедаго чӏун расандулел, гьаниредоре рортанхъулел рукӏарал гӏечӏого, хаду-хадур рачӏунги рахӏат толаро гьез хӏухьбахъулезе. Гьедин, дидаго нахъа рахчарулаго лъималгун, киндай гьабзаздаса цӏунилел гьелилан ургъалида ана нижер радакь мех.\nГьаб буго велосипедалгун лъимал къватӏир, улбул хӏалтӏудаги рокъорги рукӏунеб заман. Гьединлъидалги цӏикӏкӏуна улбузул ургъел. Киндай къватӏире арал лъимал тӏадруссун рачӏинелин рукӏуна гьел.\nГьойдул хӏапи бахъанщинахъе гордухъе екерула дунгоги, лъималазде бортулеб бугищали бихьизе. Сонги гьедин гордухъе яккидал, лъималазул ахӏи-хӏур рагӏана. Велосипедалда рекӏун йикӏарай мадугьалалъул ясалда хӏанчӏун буго гьойца. Ахӏана хехаб кумекги, гьабуна гьелъие кколеб хъулухъги, амма хаду-хадубги чандай гьединал лъугьабахъинал ккела?\nСонисеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб дидаго ракӏалде ккана гьединаб «гьалмагъ» букӏиналдаса букӏинчӏого лъикӏилан абун. Яги гьел «гьалмагъзабаздасан» гӏадамазе хӏинкъи гьечӏеб хӏал гьабизе бокьилаан."}
{"slug": "23681-kh-izamal-ul-g-asda-bakarab-tsiadukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23681-kh-izamal-ul-g-asda-bakarab-tsiadukh", "title": "Хъизамалъул гъасда бакараб цӏадухъ", "date": "2023-07-13 10:08:32", "categories": ["kaziyat"], "text": "Щибаб росулъ руго жидер хӏакъалъулъ хъвазе мустахӏикъал гӏемерал хъизамал. Жакъа дие бокьун буго дирго росдал хъизамазе сайгъат гьабизе гьаб гьитӏинабго макъала. Гьел хъизамазул хӏакъалъулъ хъваялъе гӏиллаги буго гьел гӏемерлъималазулаб букӏин.\nХъизамалъул гъасда — талихӏал расеналлъун\nГӏабдурахӏман Маккашарипов ва Патӏимат Мухӏамадова. Лъикӏаб тарбия кьун, гӏадатиял рос-лъадуца гӏезабуна анлъго лъимер — лъабго васги лъабго ясги.\nПатӏимат ккола дир классцояй. Школалда цӏалулеб заманалдаса нахъего букӏана гьелъул гӏодобе биччараб гӏамал. Нижеда цадахъ гъалмагъирги гьабулароан гьелъ. Гьикъаралъе жавабги кьун, иш тун йикӏунаан. Патӏимат жийгоги ккола лъимал гӏемераб хъизамалдаса яс. Лъабго ясги ункъо васги рукӏана гьезул\nПатӏиматил рос Гӏабдурахӏманги ккола лъимал гӏемераб хъизамалдаса – щуго вас вукӏана гьезулги. Гьединлъидал гьезие захӏматго букӏун батилищха гӏемерал лъималазе тарбия кьей.\nГӏумруялъул чанги захӏмалъабиги хӏехьезе ккана Патӏиматица. Амма лъиданиги хӏал лъазеги течӏо. Гӏурабго заманалъ росдал почтальонлъунги хӏалтӏана Патӏимат.\nГьезул киналго лъималги рукӏана дир цӏалдохъаби. Бищун го гьитӏинай Асиятил кӏудияб махщел буго суратал рахъизе. Хӏалтӏулей йикӏана росдал яслиахалда. Росу рагӏалда бугеб гьеб къватӏисан къачӏан берцин гьабун буго Асиятил суратаз. Ясазул кӏудияй, Мадина, цӏалулей йиго Кисловодскиялъул медколледжалда. Хадусей яс Наидалги лъугӏана гьебго колледж, хӏалтӏулейги йиго гьебго шагьаралда. Гьоркьохъев вас Мухӏамад ккола росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъан. Гьесги гӏуцӏана жиндирго хъизан. СВОялъул гӏахьалчи, кӏудияв вас Хӏажимурадил бергьенлъабазулги шапакъатазулги хӏакъалъулъ чанги бицана Россиялъул телевидениялдасанги. Гьев мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе ва «За воинскую доблесть» медалалъе.\nГьитӏинав вац Сайгидги ккола СВОялъул гӏахьалчи. Гьевги мустахӏикълъана Суворовасул медалалъе. Гьабсагӏаталдаги кӏиявго вац вуго ватӏаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуда. Патӏиматиеги дагьаб цебегӏан Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовас кьуна Амет-Хан Султанил цӏаралда бугеб медаль. Росулъе щведал, Патӏиматихъе цо-цо яккула дун. Ва гьезул рукъалде аскӏое щолелъул, азбаралда бугеб гара-чӏвариялъ дагьайго лъалхъизаюла. Гьале доб гӏемерал лъимал ругеб хъизамалда букӏунеб гӏадатияб гуреб талихӏ — анлъабго лъимерги, жеги тӏаде васасул хъизанги, гьез сверун ккурал талихӏал эбел-эменги. Тӏокӏабги берцинаб сурат бугебдай дунялалда! Хъизамалъул гъасда талихӏал расеналлъун ругел умумулги лъималги – гьеле доб хъизамалда бижулеб рокьул байбихьи.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "23682-73-son-bajdalgi-rekhun-techio-tsiali", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23682-73-son-bajdalgi-rekhun-techio-tsiali", "title": "73 сон байдалги рехун течӏо цӏали", "date": "2023-07-13 10:15:01", "categories": ["kaziyat"], "text": "Исана 50 сон тӏубала Цӏунтӏа районалъул Вицӏиялъ росулъа Нажмудинов Хӏажица школалда хӏалтӏизе байбихьаралдаса ва хъизам гьабуралдаса. Хӏажи Нажмудинов гьавуна 1949 соналда, Грузия ССРалъул Лагодехи росулъ. Гьес анкьго сон бараб мехалда эбел-эмен гочана Вицӏиялъ росулъе. Хӏажил эмен Нажмудин вукӏана Цӏунтӏа районалдаго машгьурав зурмихъан. Эбел Аминат кколаан Шагьикь росулъа. Гьей 10 соналъ хӏалтӏана росдал советалъул председательлъун. Гьелъул жавабчилъиялда гъоркь рукӏана Вицӏиялъ, Элбокъ ва Хупри росабазул жамагӏатал. Нажмудиницаги Аминатицаги гӏезабуна анлъго лъимер: лъабго васги лъабго ясги. Гьезулги ва гьезул лъималазулги гьабсагӏаталда буго 50 лъимер.\nБайбихьул школаги росулъ лъугӏизабун, Хӏажи цӏалана Кӏилъартӏа росдал школалда. Гьениб микьго класс лъугӏидал, цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул педучилищеялде. 1968-1970-абилел соназда Хӏажица тӏубазабуна рагъулаб хъулухъ. Гьев ккана Хабаровск шагьаралде, Дальний Востокалъул рагъулаб округалде. 1971 соналда, рагъулаб хъулухъалдаса рокъове тӏадвуссун хадув, Хӏажи хӏалтӏизе лъугьана гӏагараб росдал школалда учительлъун. Хӏалтӏулаго, гьев цӏалана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталда географиялъулаб факультеталда. Учительлъун хӏалтӏарал Хӏажил сонал кӏийиде рикьизе бегьула: 25 соналъ гьев вукӏана байбихьул школалда учительлъун ва 25 соналъ чӏахӏиял классазда. Пединституталдаса хадув гьев цӏалана Свердловск шагьаралда – областалъулаб культпросветучилищеялда. Гьениб щвана библиотекарасул махщел. Гӏумрудул 73 сон барав гьев гъоркьиса цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул культпросветучилищеялде. «Щай дуе гьеб цӏали гьанже, рокъовги чӏун, чӏумал сверизе заман щвараб мехалда?» — ян гьикъидал, Хӏажица гьадин абуна: «Бокьула дие цӏалдезе.\nЦӏияб жо лъани, зарал букӏунаро. Гӏолилазда гьоркьов вугев дида дун- гоги гӏолохъанчиян ккола», — ян. Хӏажил, хӏакъикъаталдаги, буго цӏияб жо лъазе гъира. Гуребани, кин гьесухъа бажаризе букӏараб гӏемерал соназ районалъул газеталъ- ул мухбирлъун хӏалтӏизеги? Гьесул чӏагоял, районалда гӏумру гьабулел гӏадамазул гӏумруги масъалабиги це- релъолел макъалаби гӏемер рахъана «Дидойские вести» абураб Цӏунтӏа районалъул газеталда. Гьездаса бичӏчӏула Хӏажица гӏемерал сапарал гьарураблъи – районалъул батӏибатӏиял росабалъеги, гӏатӏиракьалда гӏумру гьабулел ракьцоязухъеги, пуланаб махщалие гӏумру кьурал цӏунтӏадерихъеги, паралимпиялъул гӏахьалчагӏазухъеги. Хъвадарана Хӏажи «Хӏакъикъаталдеги». Редакциялда ккана дирги гьесулги тӏоцебесеб дандчӏвай. Амма ниж цоцада церего лъалел рукӏун руго. Дун школалда цӏалулеб заманалда гьев гӏемер щолаан нижехъе гьоболлъухъ – инсул гьудул вукӏун. Дида церего кӏочон тарал ва дир лъимерлъиялда ккарал лъугьабахъиналцин ракӏалде щвезаруна гьес.\nТӏаде балагьун ракӏалде ккола, щибго захӏмалъи гьечӏеб гӏумру букӏун бугин Нажмудиновасулин абун. Амма хӏакъикъат батӏияб буго. 1972 соналда Хӏибиялъ росулъа Зайнабги ячун, хъизан гьабуна Хӏажица. Гьаруна лъимал, амма аварияги ккун, гӏумруялдаса ватӏалъана Хӏажил васазул цояв. Гьесул къварилъи баччизе кӏоларого рукӏарал Хӏажидеги Зайнабидеги рещтӏана цоги балагь: авариялде ккана кӏиабилев васги. Аллагьасул хӏалкӏолъиялъ чӏаго хутӏана гьев. Амма мугъзал гьодги бекун, вахъине кӏолареб хӏалалде ккана. Щибаб соналда кӏицӏул вачӏуна Хӏажи васги вачун, республикаялъул больницабазде. Ахирисеб нухалда редакциялде вачӏарав Хӏажил бадиб канлъи свараб гӏадаб хӏал халлъана дида. «Пайда щибха, васги вачун гьаниве хьвадиялъул. Вахъинаро гьев тӏокӏалъ тӏаде…», — ян пашманго абуна гьес, васасул хӏал цӏехедал. Щивав чияс ракьалда тола лъалкӏ: цояз – квешлъиялъул цӏар тӏибитӏизабун, цогидаз – сверухъ ругезе гьабураб лъикӏлъиялдалъун. Вицӏиялъа Хӏажица лъикӏаб лъалкӏ толеб букӏиналда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо. Бокьун буго, Хӏажида гьеб кӏиябго «меседил» байрамги баркулаго, гьесиеги хъизаналъеги гьаризе халатаб гӏумруги Бетӏергьанас кьураб къадаралда разилъиги, сабруги.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "23759-gitiinal-mugiruzdagi-mesed-yak-ut-batula-khalk-iyab-abi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23759-gitiinal-mugiruzdagi-mesed-yak-ut-batula-khalk-iyab-abi", "title": "«Гьитӏинал мугӏруздаги месед-якъут батула» (Халкъияб аби)", "date": "2023-07-24 09:51:50", "categories": ["kaziyat"], "text": "Рухӏияб бечелъи кидаго букӏана миллат цӏуниялъул аслияб шартӏлъун. Гьеб кӏудияб малалъулъ маданияб ирс ккола гьечӏого гӏолареб алатлъун, ай цересел гӏелаз гӏасрабаз гӏезабураб ва хадусел кьераз такрар гьабулеб рухӏияб ва материалияб хӏалбихьиялъул цо хасаб бутӏалъун.\nГӏарабиял ва гӏажамиял\nМаданияб ирсалъул, узухъда, щулияб кьучӏлъун ккола жиндалъун кинабго бечелъи цӏунизе кӏолеб хъвай-хъвагӏай. Дагъистаналъул халкъаз бечедаб гӏараб мацӏалъул алипги кьочӏое босун, гӏуцӏун буго дунялалда кибниги букӏинчӏеб, гьечӏеб мацӏ ва хъвай-хъвагӏай, лъазарун руго исламалъул гӏелмабазул гъварилъаби. Гӏараб мацӏалъул бечелъиялъе рачине бегьула гӏемерал мисалал. Масала, востоковедазул цо гӏалимчиясда, гьеб мацӏалъул хаслъаби лъазарулаго, «къварилъи», «пашманлъи» абураб гӏараб калимаялъе гьединабго магӏна бугеб 500 рагӏи батун буго. Гьеб мехалъ гӏалимчияс гьабун буго «гьаб рагӏи унго-унгоги къварилъи буго» абураб махсара. Гьединлъидал гӏараб мацӏалъ гӏураб асар гьабуна Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул словарияб рахъ бечед гьабиялъеги. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналда гӏемер рахъана тӏадегӏанаб лъай бугел гӏалимзаби. Северияб Кавказалда гуребги, хӏатта цо-цо гӏарабазул улкабаздацин Дагъистаналъул ва-\nкилзаби цӏакъго цереккурал гӏа-лимзабилъун рикӏкӏунаан. Масала, машгьурав шагӏир, гӏалимчи, бахӏарчияв рагъухъан Гӏурадаса Ибрагьим—хӏажица (1685-1760) Маккаялде хӏежалде аралъув, гьениб цо гӏелмияб бахӏсалда жиндирго гӏакълу-лъаялдалъун, вагӏза-хабар гьабизе бугеб махщалидалъун киналго хӏайран гьаруна. Гьесие шагьаралъул шериф вищулеб къецалда гӏахьаллъизе рес кьуна ва гьенив цогидаздаса цӏикӏкӏараб лъай бихьизабурав Ибрагьим-хӏажи тӏамуна Маккаялъул шерифасул тӏадегӏанаб хъулухъалде.\nБицен буго, гьев бергьаниги, гӏарабияв гурин абун гьесие хъулухъ кьезе разилъуларого ругез гьесда гьикъанила: «Дуда лъалищ гӏарабиясдаги гӏажамаясдаги гьоркьоб кинаб батӏалъи бугебали?» — ян. Лъалин жаваб кьунила Ибрагьим-хӏажица ва абунила, белалдаги раханалдаги гьоркьоб гӏадаб батӏалъи бугин: белалъ ракь бухъулин, раханалъ – лъим ххалин. Нижги нужго гӏадал бусурбабиги, Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) умматалъул чагӏиги ругин. Нужедаса къун лъаларин нижеда шаригӏатги, нужедаса нахъе ккечӏого, гьелъул нухдасан церехунги унин ниж. Жидедаса цӏикӏкӏун лъай гьесул букӏин бихьарал гӏарабиязул тӏокӏаб абизе жо хутӏичӏо ва гьев хъулухъалдаги тана.\nГьедин жидерго гӏелмияб лъаялдалъун, рухӏияб бечелъиялдалъун бусурбанлъиялъул Бакъбаккул рахъалда киназго рикӏкӏунел гӏалимзабазда гьоркьоб буго нусгоялдаса цӏикӏкӏарал дагъистаниязул цӏаралги.\nГьединабго цебехъанлъи ва гӏел-мияб тӏокӏлъи дагъистанияз бихьизабуна дунявиял гӏелмаби ва маданият лъазариялъулъ ва гьезул балъголъаби рагьиялъулъ. Хӏуригат бахъилалде цебегицин нилъер рукӏана гьеб рахъалъ жидерго гӏелмиял хӏалтӏаби ругел гӏалимзаби. Амма официалияб хъвай-хъвагӏаялда дагъистаниял рикӏкӏунаан интеллектуалияб цебе-тӏей гьечӏеб, жагьилаб агьлулъун.\nГӏалимзаби рукӏана гӏелму жидер камилал\nГьеб пикру мекъи букӏиналъе рикӏкӏен гӏемерал мисалал рачине бегьула. Амма гьаниб цо мисал рехсон тела. Цӏар рагӏарав гӏалимчи, шагӏир, жиндир заманалъул пачалихъияв хӏаракатчи, магӏарул гӏажам хъвай-хъвагӏаялъул реформатор, ватӏаналда цӏали лъугӏун хадуб Ираналде, Сириялде, Турциялде цӏализе арав Хунзахъа Дибир-къадида (Мухӏамад-шапи) 1742-1817)) лъикӏго лъалаан гӏараб, парс, турк, гуржи мацӏал. Бакъбаккул улкабазул мацӏал лъаялъ гьесие рес щвана бусурбанаб диналда хурхарал фикъгьи, мантӏикъ, астрономия гӏелмаби ва рехсарал мацӏазул грамматика лъазабизе гуребги, гьел мацӏазда хъварал художествиял асаразул, хӏалтӏабазул гъварилъуде ваккизеги.\nЦӏар рагӏарав Дагъистаналъул гӏалимчи М.-С. Сагӏидовас хъван буго: «Дибир-къадица гӏуцӏараб алипалдаса магӏарулаз, хӏуригат бахъизегӏан, кинабгӏаги хиса-баси гьабичӏого, пайда босулаан», — илан.\nЯлъуни, восизин Хъандиев Мухӏамад (1818-1861), магӏарул мацӏалъул грамматика ва словарь хъварав гӏалимчи, педагог.\n1854 соналда Новочеркасскиялъул гимназиялъул бакъбаккул мацӏазул отделениялда цӏалдолезе дарсал кьезе ахӏарав гьес гӏурус офицерзабазда магӏарул мацӏ малъулеб букӏана. Хадуб П. К. Усларица хъвана: «Хъандиевасе гӏумруялъул хутӏун букӏана дагьаб заман, амма гьес тӏадчӏун лъазабулеб букӏана паранг мацӏ ва къокъабго заманалда жаниб цӏакъ лъикӏал хӏасилалги щвана. Мухӏамадил хрестоматиялъул кӏудияб пайда буго гьидерил лугъат лъазабизе. Гьелда буго цӏакъ пасихӏго буссинабураб А. С. Пушкинил «Ччугӏихъанасул ва меседил ччугӏил хӏакъалъулъ маргьа», — ян.\nТарихалда тана\nкӏочонареб лъалкӏ\nРухӏияб бечелъи цӏуниялдегун мадинияб цебетӏей букӏинабиялде сунцаха тӏамулел рукӏарал нилъер халкъалин абураб суал бачӏине бегьула. Дида ккола, тӏоцебесеб иргаялда, гьелъие гӏилла букӏанин дагъистаниял гӏемерал гӏасрабазул манзилалда хӏажаталлъун рукӏана жидерго эркенлъи, чияда бараблъун гьечӏолъиялъе гӏоло кидагосеб къеркьеялда. Тарихалдасан нилъеда бихьула Дагъистаналда кверщел гьабизе гӏоло нилъгун рагъде рахъана татаралгун монголол, тимурилал, къажаразул къиралзаби, туркалзул султанал, Крымалъул ханзаби ва пачаясул Россиялъул чӏухӏби. Амма гьел мурадалде щвечӏо. «Дир Дагъистаналда» Р. Хӏамзатовас хъвалеб буго: «Мешхеталда Надир-шагьасул квачӏид чӏараб чода бугеб бергьараб памятникалъухъ балагьун ираназул цо поэтас дида абуна: «Индиялдаса меседил тахги босун вуссарав персазул шагь нужер доваса цӏакъ гӏетӏул цӏун вуссана», — ян.\nГьеб къеркьеялъулъ кидаго хӏажат букӏана лъай, гӏелму. Гьединлъидал лъай босиялде, гӏумруялъул хӏалбихьи камил гьабиялде кӏварги буссинабизе кколеб букӏана. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналъул халкъазда кӏвана миллатал хӏисабалда жалго цӏунизе, миллатазул культураги борхизабулаго, тарихалда щулияб лъалкӏ тезе.\nГьелъ рес кьола гӏолеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъулаб тарбия кьеялъул иш хӏакъикъиял мисалаздалъун щула гьабизе. Ватӏаналдехун бугеб лъикӏаб бербалагьиялъул хӏасиллъун ккола жакъа Россиялъ Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъулъ Дагъистаналъул гӏолохъабаз гьабулеб жигараб гӏахьаллъи ва бихьизабулеб бугеб унго-унгояб бахӏарчилъи. Къокъаб заманалда жаниб Дагъистаналдаса анкьгояв Россиялъул Бахӏарзаллъун рахъин гьелъие якъинаб мисаллъунги ккола. Талихӏкъинлъун буго гьезул лъабгоял гӏумруялдаса ратӏалъун рукӏин. Жакъа къоялде улкаялда кинавниги 120 чиясе гьеб тӏадегӏанаб цӏар кьун батани, Дагъистаналъул Бахӏарзазул къадар бахуна анлъго проценталде. Россиялъул тӏолабго халкъалде дандеккун, дагъистаниязул къадар гӏицӏго 0,2 процент гурони гьечӏеб мехалда.\nНилъ жеги цере руго\nЖакъаги республикаялъул нухмалъулез, Дагъистаналъул жамгӏиял гӏуцӏабаз маданияб ирс цӏуниялъул ва гьеб хадубккунги бечед гьабиялъул хӏалтӏи рехун тун гьечӏо. Республикаялда хӏалтӏулеб буго 9 миллияб театр, 1065 библиотека, 140-гӏанасеб республикаялъулал ва бакӏалъулал газетал, анкьго мацӏалда къатӏире рачӏунел 25 журналал. Хӏалтӏулеб буго 30 батӏияб телеканал. Гьездаго гьоркьор руго ГБУ РД «РГВК «Дагъистан»; ФГУП «ВГТРКялъул филиал – «ГТРК «Дагестан» ва телеканал «Наше национальное телевидение» («ННТ»). Хӏалтӏулел руго Дагъистаналъул тӏахьал риччаялъул басмаханаби.\nЖакъаги руго нилъер гӏалимзаби Америкаялда, Англиялда, Япониялда хӏалтӏулел. Гьезул кӏудияб къадру-къиматги буго. Рехселин цо-цоязул цӏарал:\nСахрат Хизроев (1970), Америкаялъул гӏалимчи, клеточнияб биологиялъул профессор, Халкъазда гьоркьосеб наномедицинаялъул централъул директор, наночастицабазул рахъалъ дунялалъулго эксперт.\nЖавид Гъазиев (1953), Италиялда хӏалтӏулев цӏар рагӏарав гӏалимчи, сахлъи цӏуниялъул гӏелмабазул доктор, Средиземноморскиялъул гематологиялъулаб институталъул директор, Италиялда мугъзал гьодил нахалъе гьарулел операциязул цӏар арав махщелчи.\nТажиб Мирзабеков (1957), Америкаялъул гӏалимчи, СШАялъул Biomirex, 1nc. компаниялъул президент.\nВидади Юсибов (1982), Пенсильвания штаталда Томас Джефферсонил цӏаралда бугеб университеталъул ва гьединго Фраунхоферил молекулярияб биотехнологиялъул цӏиял дараби ва вакцинаби гьарулеб централъул генералияв директор.\nЖалалудин Сагӏидбеков, тохтур-невролог, Рималъул медицинаялъулаб университеталъул профессор, сахлъи цӏуниялъул гӏелмабазул доктор.\nГьел ва цогидал мисалаз нугӏлъи гьабула Дагъистаналъул халкъазул вакилзабазул дунялалъулго даражаялда жидер гьунар бихьизабизе бажари букӏиналъе.\nХадурагӏи\nАмма жакъа кӏвар кьезе ккараб суал буго радиоялдасан ва телевидениялдасан миллиял мацӏазда кьолел передачаби риз гьари, гьезие эфиралда кьолеб заман цӏикӏкӏинаби. Гӏемер бицунеб букӏин гуребги, гьелъул цо бихьулеб хӏасил бугони, лъикӏ букӏинаан. Щайгурелъул миллиял мацӏал, лъица щиб бицаниги, дагь-дагьккун кӏочене толел руго. Рокъоргицин эбел-эмен лъималазда гӏурус мацӏалда кӏалъалел руго. Гьеб буго миллат тӏагӏиналъе гӏунги тӏокӏаб гӏилла.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "23760-rokhalilab-k-ogo-bikhichieb-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23760-rokhalilab-k-ogo-bikhichieb-giumru", "title": "Рохалилаб къого бихьичӏеб гӏумру", "date": "2023-07-24 09:54:31", "categories": ["kaziyat"], "text": "Рокьула дие ригьалде рахарал кӏудиял чагӏи. Гьезда бихьана гӏумру. Жакъа 70-90 сонил ригьалда ругел гьезда бихьана нилъер пачалихъалъул батӏи-батӏияб гӏуцӏи. Баччизе ккана гӏезегӏан захӏматги, хӏехьезе ккана гӏакъуба-къварилъиги. Гьединазул цояй йиго Махӏачхъалаялъул Семендер поселокалда гӏумру гьабулей дир якьадалъул яц Муъминат.\nРасги бокьичӏого цӏализаюна\nМуъминат Гӏумарова гьаюна 1930 соналда Унсоколо районалъул Колоб росулъ. Гьелъ лъугӏизабуна росдал школалда ункъо класс. Нилъеца лъимерлъи ракӏалде щвезабулеб бугони, тӏоцебесеб иргаялда, цебечӏола школалда цӏалулеб заман. Къанагӏат гурони чи ватуларо, гьеб заман талихӏаб букӏанин абуларев. Амма Муъминатица рокьукъго ракӏалде щвезаруна школалда цӏаларал сонал. «Анкьго сон барай гӏадан йикӏана дун школалде ячараб мехалда. Кваранаб гъежги борчӏун, унтулеб букӏун, квегӏаб квералъ хъвадаризе кколаан. Цо талихӏалъ, ункъо класс лъугӏун хадуб рокъой тана», — ян бицана гьелъ.\nБицана жидер дарсал лъугӏидал чӏахӏиялги цӏализарулаанила ликпункталда (пункт ликвидации безграмотности). Гьезиеги расги бокьулароанила дарсазде хьвадизе. Цо кӏудияй гӏаданалъ (мадугьалалъ) абулаанила, хунго йикӏарайани жий гьение хьвадизе ккезегӏанин абун. «Аллагьасда рагӏун батизе буго гьелъул гьари. Анкь балелде хвана мадугьал», — ан абуна Муъминатица. Школалде букӏараб гьединаб рокьукълъи бичӏчӏизе ккани, нилъеда лъазе ккола доб заманалъул хӏакъикъат. Как-диналда рекъон гӏумру гьабулеб халкъ ва, диналъул тӏалабалги мерхьун, цӏияб гӏадлу чӏезабулеб советияб школаги (масала, ясазул ботӏродаса кӏазал рахъизе тӏами). Кинго рес гьечӏо гьеб кӏиябго рекъонккезе.\nЗулму-хӏал бергьана\nМуъминатица анкьго сон байдал байбихьана улкаялда репрессиял. Дагъистаналъул диниял гӏа-\nлимзабазда тӏад михир бачараб, щибаб росулъе, щибаб хъизамалде балагь рещтӏинабурал сонал. Хъинтӏана гьел соназул балагь Урузмагилги Хӏажимухӏамадилги хъизамалдаги. Цӏаларав чиян абун, вачун туснахъ гьавуна Урузмагил вац, Хӏажимухӏамадил вацгӏал Хӏайдарил Мухӏамад, Муъминатил вацгӏал. Гьел хвана туснахъалда ва гьезул хобал ругеб бакӏцин лъаларин абун, жакъаги къварилъахъдулей йиго Муъминат. Бечедал чагӏиян абунги рачун ана гьелъул тухумалъул бихьинал. Гьедин туснахъалде ккарав росдал дибирлъун вукӏарав Хӏайдарил Мухӏамадица кочӏохъего хъвараб кагъатги рикӏкӏана гьелъ дие:\nДирго квералъ гъулбасун, гъурабалда данделъун,\nЛъезин письмо почалда, Дагъистан областалде.\nКӏикъоябго къо ана къарал вагонахъ жанир,\nЖидер гьумер бихьичӏо, вакъун квен кваначӏого…\nГьев туснахъ гьавизе рачӏараб мехалда, милициялъул вакилзабаз нуцӏида тункарабго, рокъой йикӏарай гьесул чӏужуялъул гӏодиялъул гьаракь борчӏун буго. Жинда хадур гьел рачӏине ругеблъи лъаниги, рокъовгӏаги щайдай дов вукӏаравин бицана Муъминатица. «Гьев кквезе рачӏараз абулеб букӏана, гьададигӏан мискинаб рокъоса чи жеги вачине ккечӏин жидеца, нужер росдал гӏадамазул нахъегӏанлъиго щибилан абун. Росуцоязул мацӏ сабаблъунлъидалха дов туснахъ гьавурав», — ан тӏадеги жубана гьелъ.\nСанагӏат гьечӏеб Курчули росу\n13-14 сон бан букӏана Муъминатица, тӏолабго росу Чачаналде гочинабураб мехалда. Росдаде бачӏараб балагьлъун рехсана гьелъ гьел къоял. Гочинаризе ругин лъазабун къоял иналде хвана гьелъул эмен. «Колхозалъул бачазда вукӏарав эмен вачӏана росулъе ва вегараб бакӏалда хун ватана», — ян абуна Муъминатица. Гьев вукъун, рокъоса магӏирукъ лъугӏилалде рахъинаруна росулъа. Щуго лъимергун цадахъ яхъине ккана Урузмагги. Гӏемераб къоги бихьун, щвана гьел Курчули росулъе. «Цӏатӏанихъ росдал жамагӏаталъе щвана лъикӏаб ракь – Тӏаса Курчули. Ниж рукӏана Бакьулъ Курчули. Гъоркь Курчули рукӏана иштӏал (Иштӏибури росдал жамагӏат). Бищунго санагӏат гьечӏеб бакӏалде ккана нижги иштӏалги. Гьенив гӏемер чи хвана – унтун, гьава-бакъ рекъоларого. Хвана нижер имгӏалги, инсул яцгӏалги, гьелъул ясги. Гӏезегӏан лъималги хвана. Хӏалтӏизе байбихьана колхозалда. Цӏоросаролъ бухъулаан. Дояркалъунги хӏалтӏана. Гьение щведалги дун ячана школалде. Хадуб эбелалъ бихьизабуна росулъ ункъо класс лъугӏизабунилан хъвараб кагъат ва дун рокъой тана», — ян бицана Муъминатица.\nГьелъ ракӏалде щвезавуна инсул вацгӏалги. «Чахъдал чанагъалъухъги балагьун, букӏинесеб бицунаан дос. Ниж рукӏана ункъо яц – дунги, Сайгибатги, Булбулги, Султанатги. Инсул вацгӏалас, чахъдал чанагъалъухъги валагьун, инсуда абун буго, кида-къадги вас гьавизе вугин дуейин абун. Гьавунаха нижее вац Гӏумар. Дир яс Патӏиматида гьес абун буго: «Вай дир яс, биххулин нилъер рукъ», — ан абун. Гьале биххана. Цо яц ккана Гумбет районалъул Кунзахъе, цояй – Хъахӏабросулъе. Лъимал рикь-рикьана бакӏ-бакӏазде. Дунги, харадуний яхъун, Махӏачхъалаялда хутӏана», — ян бицана гьелъ.\nЧачаналъа тӏадруссарал Колоб росдал гӏадамаз цӏидасан гӏуцӏизе ккана 13 соналъ рехун тун букӏараб магӏишат. Нахъеги хӏалтӏизе ккана колхозалда. Рецаризе унаан, боцӏи хьихьулаан. Амма букӏинчӏо гьеб магӏишаталдаса рохизе бакӏ – гӏемерисеб бачӏин кьезе кколаан пачалихъалъе. Бугониги, гьекъезе лъимгӏаги лъикӏаб бугин гьанибиланги абун, Урузмаг Колойго чӏана. Цо-цоял Чачаналде тӏадруссана, цоял чӏана Хасавюрт районалъул ракьалда. Эбелги яцал-вацги росулъе тӏадруссун хадуб, Муъминат цӏидасан ана Курчулие. Гьений йикӏана имгӏаласул чӏужу – росги лъабго васги хун хутӏарай гьей хьихьизе ана гӏолохъанай Муи. «Хварал васазда хадуй угьдилей имгӏаласул чӏужуги тун йикӏине кӏвечӏо дида. Метер къиямасеб къоялъ дол щай рехун таралин гьикъани, дица кинаб жаваб кьелеб? Гьеб суалалда тӏад ургъулаго, ракӏалде ккана гьелда аскӏой чӏезе. Гьелъул мадугьалги вукӏана цӏакъ санагӏат бахъарав чи. Кӏиязулго гӏорхъода букӏана жибго бижараб гъветӏ. Гьелда тӏад кокон бижараб мехалда, гъветӏ жиндир бугилан чӏана гьев», — ан бицана М. Гӏумаровалъ.\nТалихӏаб къого бихьичӏо\nЧачаналда йикӏарай гьей росасе кьуна 24 сон бараб мехалда. «Гьеб мехалдаги расги хӏажат букӏинчӏо дие росасе ине. Кьунаха. Тӏаса вичӏичӏо Сайпулагь. Бох унтарав чи вукӏана гьев. Рохьове, мегӏер-гӏалахалде вахъине кӏолев чи вукӏинчӏо. Дунго хьвадизе ккана Гӏарахъ магӏардеги, гӏачияздеги, бачаздеги. Аллагьасул кумекалдалъун, хьихьана хъизамги», — ян бицана Муъминат-адаца.\nГьелъул букӏана микьго лъимер. Лъабгояб хвана гьитӏинго. Ункъабилеб лъимер – цохӏо вугев вас Гӏумар – хвана хъизам гьабун хадуб. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Махӏачхъалаялда, Бизнесалъулгун нухмалъиялъул институталда преподавательлъун. Цӏияб сон тӏаде щолеб заманалда гьес Москваялда цӏунана экономикиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. Тӏаде щолеб букӏана кӏалбиччанкъо. Кӏудияб сордоялъ васги гьавуна гьесие. Гьесул рохелалъе гӏорхъи букӏинчӏо. Лъидаха лъалеб букӏараб Аллагьас кьураб гӏумрудул ахирисел къоял гьел ругеблъи. Нухда къварилъиги ккун, къадаралде щвана Гӏумар. Тӏун ана эбелалъул рекӏел чӏчӏва, ва гьелдаса нахъе дунялалъул нурго свана Муъминатие.\nБихьулеб гьечӏо гьелда канлъи жакъаги, хъахӏлъи-бецӏлъи батӏабахъизе гурони. Амма гьеб сабаблъун кинабгӏаги зигардиги букӏунаро гьелъул. «Как базеги кӏола, унтараб бакӏги гьечӏо, гӏибадаталъе ресги кьун буго Аллагьас. Тӏокӏаб щиб хӏажат бугеб дие?» — ян абула гьелъ. Дур гӏумруялда жаниб бищунго лъикӏаб, талихӏаб заман кида букӏарабин гьикъидал, киданиги букӏинчӏилан жаваб кьуна гьелъ. «Гӏемерал хвелал рихьана, къварилъи баччизе ккана, захӏмалъи хӏехьана. Кинаб талихӏ букӏунеб?» — ян тӏадеги жубана.\nКутакалда лъикӏаб, ругьел базе санагӏатаб алатлъун гьелъ рехсана гьанже заманалъул телефон. «Бугеб цӏакъаб жо! Кир ругониги, аскӏор гӏадин рихьизарула цоцазда, хвел кканиги, ригьин гьабуниги, ккара-тараб хехго рагӏизабула», — янги абун, гьадинал мухъал рикӏкӏана Муъминат-адаца:\nДуниял ахирлъанила,\nАхират гӏагарлъанила,\nГӏаламатал тӏатанила,\nНизаматал хисанила.\nДида лъалелдаса нахъе Муъминат-ада йикӏуна Аллагьасе гӏибадаталда. Чамалиго соналъ, къо гьоркьоб биччачӏого, кӏал ккола гьелъ. Дун ячӏараб къоялъги гьей кӏалги ккун йигоан. Якъван тӏагӏуней эбелалъухъ балагьун, магӏу бацӏцӏуней йиго гьелъул яс Сундусги. Боголил как бан гурони кваналаро эбелилан бицана гьелъ. Дица Муъминат-адада абуна, Аллагьасе гӏибадаталъе къуватги къваригӏунелъул, кваназе ккелахаян. «Якъани, кванала. Квачани, тӏаде юргъан бачина. Ягӏарун йигони, щиб гьабилеб? Нолъ кӏал биччазе нису-нах кьуна дие ясалъ. Гьеб букӏана дун гӏорцӏизе гӏураб жо. Цӏакъго гӏемер кванани, Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталъе жагъаллъи ккола. Къойил бачуна дица зикру. Кваналаго заман бани, чанго минут гьоркьоб инарищ дир», — ан жаваб кьуна гьелъ.\nУнкъо классалъул гурони лъай гьечӏониги, Муъминат-адада рекӏехъе лъала гӏемерал назмаби. Диргун харбида йикӏагоги рикӏкӏана гьелъ Ахӏулгохӏалъул руччабазде гьабураб кочӏолъа гьадинал мухъал:\nВа гохӏил руччаби, хӏурулгӏинзаби,\nРакъун гьечӏищали, квен кваналарищ?\nВа гохӏил руччаби, хӏурулгӏинзаби,\nКъечон гьечӏищали, лъим гьекъеларищ?\nРакъунилан абун, квенищха кунеб,\nБидул кесек босун кваналеб къоялъ.\nКъечонилан абун, лъим кин гьекъолеб,\nЛъобаса гӏебеде бигун чвахулеб…\nГӏемер гӏакъуба-захӏмат къул-чӏараб кӏудияб гӏел дагь-дагьккун лъугӏулеб буго. Гьез цадахъ унеб буго ва абадиялъго балъго хутӏулеб буго халкъалъул тарих. Рес буго, жакъа чӏаго ругездаги цӏехон, гьезул гӏумруялда ккарал кӏвар бугел хӏужаби къалмиде росизе. Бокьилаан цӏалдолезги гьелъул хӏисаб гьабуни.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "23761-giabdulkhabirovasul-khiarakat-pajdayabl-un-batana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23761-giabdulkhabirovasul-khiarakat-pajdayabl-un-batana", "title": "Гӏабдулхабировасул хӏаракат пайдаяблъун батана", "date": "2023-07-24 09:55:45", "categories": ["kaziyat"], "text": "Цӏумада районалъул Агъвали росдал маданияталъул кӏалгӏаялда, машгьурав тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировасул хӏаракаталдалъун, школлъималазда гьоркьоб тӏобитӏана Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялда бухьинабураб, гьесул асарал пасихӏго ва рекӏехъе рикӏкӏиналъул къец.\nГьелда гӏахьаллъана районалъул бетӏер Шамил Гӏумаров, Гъуниб районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Абакарова, Лъондодаса меценат Ахӏмад Гъазимухӏамадов, тохтур Гӏабдурашид Сагӏидов, Тӏиндиса шагӏирзаби Салихӏат Хӏасанова ва Патӏимат Мухӏамадова.\nТадбир рагьана ва нухда бачана Агъвали росдал гимназиялъул 11 классалъул цӏалдохъаби Патӏимат Жахӏбаровалъ ва Аминат Муртазагӏалиевалъ. Машгьу-рав шагӏирасул хӏакъалъулъ бица-\nна Шамил Гӏумаровас, Мухӏамад Гӏабдулхабировас, Патӏимат Абакаровалъ ва цогидазги. Гӏу-рус ва магӏарул мацӏазда Расул Хӏамзатовасул кучӏдул рекӏе-хъе рикӏкӏиналъул къецалда гӏа-хьаллъана 40-ялдасаги цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Гьел рикьун рукӏана кӏиго батӏияб къокъаялде, ай 1-4 ва 5-11 классазул цӏалдохъабазде. Школлъималаз рекӏехъе рикӏкӏана Ватӏаналде, эбелалде, авар мацӏалде, Ахӏулгохӏалде, магӏарулазде гьарурал шагӏирасул кучӏдул. Жидерго гьунар-махщел бихьизабизе гьез бахъараб хӏаракаталъ балагьарал хӏайран гьаруна ва жюриялъе унго-унголъунги захӏмалъана бищун лъикӏазда цӏарчӏвазе. Кин батаниги, байбихьул классалъул цӏалдохъабазда гьоркьоб авар мацӏалда кечӏ рикӏкӏун тӏоцебесеб бакӏ щвана Сасикьа Хъиличова Аминатие, кӏиабилеб бакӏ — Агъвалиса Гӏалимухӏамадова Сафияе, лъабабилеб бакӏ — Агъвалиса Зубаирова Аишае ва Хӏажимурадова Жамилае.\nГӏурус мацӏалда кечӏ рикӏкӏун бергьана Тӏисси-ахикьа Гӏабдуразакъова Фатима, кӏиабилеб бакӏ щвана Сасикьа Хъиличова Аминатие ва Агъвалиса Хӏажимухӏамадова Раянае, лъабабилеб бакӏалде ккана Агъвалиса Хӏасанова Саида, Гьадириса Гӏусманова Патӏиматзагьра ва Хуштадаса Мусалов Ахӏмад.\n5-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб магӏарул мацӏалда кечӏ рикӏкӏун тӏоцебесеб бакӏ щвана Инхокъвариса Мухӏамадсагӏидова Саидае, кӏиабилеб бакӏ — Агъвалиса Исмагӏилова Аминатие ва Гъоркьгьаквариса Муртазагӏалиева Фатимае, лъабабилеб бакӏалде ккана Зубаирова Аиша, Лъондодаса Денгаев Ислам ва Агъвалиса Мухӏамадов Мухӏамад.\nГӏурус мацӏалда кечӏ рикӏкӏун бергьана Хуштадаса Гъазиева Гӏай-шат, кӏиабилеб бакӏ щвана Агъвалиса Жахӏбарова Фатимае ва Инхокъвариса Гереева Хадижатие, лъабабилеб бакӏалде ккана Агъва-\nлиса Ибрагьимова Амира, Гъоркьгьаквариса Муртазагӏалиева Марь-ям ва Гьигьалъа Нурасмухӏамадова Багьжат.\nБергьаразе ва призеразе кьуна дипломал ва гӏарцулал премиял, киналго гӏахьалчагӏазе — сайгъатал. Гьелъие спонсорлъи гьабуна Мухӏамад Гӏабдулхабировас, Ахӏмад Гъазимухӏамадовас, РУДНалъул студентаз, къватӏисел пачалихъаздаса Мухӏамад Гӏабдулхабировасул гьудул-гьалмагъзабаз. Гьединго батӏи-батӏиял номинациязда гӏарцулал сайгъатазе мустахӏикъ-лъана щуго лъагӏел барай Агъвалиса Гӏалимухӏамадова Асият («Бищун гьитӏинай кечӏ рикӏкӏарай яс»), балагьаразул рокьиялъе мустахӏикълъана Тарумовка районалдаса ячӏарай Гӏисаева Марьям. Конкурсалъул «Бищунго кӏудияв гӏахьалчи» номинациялъе мустахӏикълъана шагӏир Патӏимат Мухӏамадова. Гьединго конкурсалда рихьизаруна Франциялда гӏумру гьабулей Зулейха Мухӏамадовалъ жиндирго кӏодоэбел Тӏиссиса Савдат Хӏажиевалъ Расулиде хъвараб ва Москваялда гӏумру гьабулей Мухӏамад Гӏабдулхабировасул ясалъул ясалъул яс Малика Расуловалъ кучӏдул цӏалулаго рахъарал видеороликал. Силди росдал бегавул Мухӏамад Нурмухӏамадовас конкурсалда бергьарал васазе кьуна Хӏабиб Нурмухӏамадовасул рахъалдасан футболкаби.\nДанделъиялъул ахиралда районалъул бетӏер Шамил Гӏумаровас кӏвар бугеб конкурс тӏобитӏаралъухъ Мухӏамад Гӏабдулхабировасе ва районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Зайнаб Гӏабдусаламовалъе загьир гьабуна ракӏ-ракӏалъулаб баркала, тадбир ракӏалде щвеялъе сайгъатал кьуна Патӏимат Абакаровалъе, Ахӏмад Гъазимухӏамадовасе ва цогидазеги. Жиндирго рахъалдасан Мухӏамад Гӏабдулхабировас баркала загьир гьабуна конкурс тӏобитӏизе гӏарцулаб рахъалъ квербакъи гьабурал спонсоразе, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Зайнаб Гӏабдусаламовалъе, райадминистрациялъул культураялъул отделалъул нухмалъулев Гӏабдусалам Мухӏамадовасе, библиотекаялъул нухмалъулей Патӏимат Хӏасбулаевалъегун гьелъул хӏалтӏу-хъабазе, конкурсалде лъимал хӏадур гьарурал учительзабазе ва эбел-инсуе.\nТадбиралъе хасаб берцинлъи кьуна Гъуниб, Болъихъ ва Цӏумада районазул культураялъул хӏалтӏухъа-базул музыкалиял церерахъиназ.\nЗульфия Сажидова"}
{"slug": "23762-shepsiyalda-bakarab-gudull-iyal-ul-tsiadukh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23762-shepsiyalda-bakarab-gudull-iyal-ul-tsiadukh", "title": "Шепсиялда бакараб гьудуллъиялъул цӏадухъ", "date": "2023-07-24 09:56:58", "categories": ["kaziyat"], "text": "Март моцӏалда «Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул мугӏалим — 2023» абураб республикаялъул къецалда бергьиндал, дие кьун букӏана Тӏолгороссиялъул профсоюзалъул тренинг-лагералде путевка. Гъоркьиса гьениве ун вукӏарав Рамазан Гъазимухӏамадовас бицун букӏана кутакалда лъикӏаб хӏухьбахъи кканин гьениб абун.\nДидаго цадахъ гьенир рукӏана республикаялъул «Лъагӏалил учитель — 2023» конкурсалда бергьарав Алексей Шаулов, «Лъагӏалил тарбиячи — 2023» конкурсалда чӏел босарай Виолетта Акаева, «Бищун лъикӏав гӏолохъанав учитель» конкурсалъул призер Тамерлан Таибов, Махӏачхъала шагьаралъул №15 школалъул завуч Виктория Письменская, №27 байбихьул школа-ясли-ахалъул завуч Эльдар Эмирбеков, Дербент районалъул Геджух ясли-ахалъул хӏалтӏухъаби Зугьраханум Ходжаева ва Саният Къурбанова.\nТренинг-лагералде ракӏарун рукӏана тӏолабго Россиялдасаго мугӏалимзабиги тарбиячагӏиги. Гьезул гӏемерисез исана хасалихъе гӏахьаллъи гьабизе буго профессионалиял къецазул финалияб, ай федералияб бутӏаялда.\nГьелда цӏарги букӏана «Профессионально готовим к победам» абураб. Тӏолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул квербакъиялдалъун 10 къоялъ халатбахъараб гьеб тадбир тӏобитӏана исана ичӏабилеб нухалда. Гьеб кинабго гӏуцӏула ва нухда бачуна Тӏолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул жамгӏиял бухьеназул департаменталъул нухмалъулей Елена Елшиналъ. Лагералде ячӏун йикӏана Тӏолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул нухмалъулей Галина Меркуловаги.\nСалам, Краснодар!\nРокъоса къватӏиве вахъунелъул, «10 къо гӏемер букӏинаребдай?» абураб пикру ххенолеб букӏана ботӏролъ. Палхӏасил, халатаб нухги нахъа тун, ниж щвана Кубаналъул ракьалде. Автобусалъул гордухъан рихьулел рукӏана рагӏа-ракьан бихьуларел хурзал. Ракӏ хӏайран гьабулеб букӏана батӏи-батӏиял кьеразул «халичаби тӏад тӏамурал» ролъул, бакъдебуссалъул, цӏоросаролъул хурзабазухъ балагьидал.\nБерцинаб тӏабигӏаталъул асаралда гъоркь, ахир-къадги ниж щвана Краснодар краялъул Туапсе районалъул Шепси росулъе. Гӏемер кӏудияб гьечӏеб росу буго гьеб. Аслияб къагӏидаялъ гьенир руго хӏухьбахъиялъул бакӏал, лагерал, пансионатал. Гӏемераб халкъ бугоан гьенибе хӏухьбахъи гьабизе бачӏун. Къватӏиб лагьун букӏаниги, цӏакъ бацӏцӏадаб гьаваги букӏана гьениб. Аслияб бечелъи – Чӏегӏераб ралъдал рагӏалда букӏин.\nЩакъидул кьераб\n«Лада-Седан»\nКъасиялде ниж киналго данделъана «Маяк» пансионаталъул залалда. Гьенир ниж анкьго къокъаялде рикьана. Щибаб къокъаялъул букӏана жидерго кьерги. Дунги, цадахъ рукӏарал Тамерлан Таибовги Виолетта Акаеваги ккана щакъидул кьераб къокъаялде. Хутӏарал дагъистаниял – тӏогьилаб кьералъул къокъаялде.\nДанделъи лъугӏун хадуб, къокъаби данделъана лъай-хъвай гьабизе. Нижер къокъаялда рукӏана Моск-ваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, ХМАОялдаса, Тулаялдаса, Белгородалдаса, Чачан республикаялдаса вакилзаби.\nЦохӏо лъай борхизаби ва хӏухьбахъи гьабиги гуребги, лагералда ругебгӏан заманаялъ къокъабаз хӏадуризе ккола жидерго хӏакъалъулъ бицунеб гьитӏинабго церерахъин, гӏахьаллъи гьабизе кколаан кьурдул ва гитараги хъван цӏадухъ ахӏулел кучӏдузул конкурсазда. Цинги, тренинг-лагералъул ахирисеб къоялъ, гӏадатлъун лъугьухъе тӏобитӏула «Золотая ракушка» абураб театралияб фестиваль. Гьелде тӏадеги, щибаб къоялъ лагералда цо-цо командаялъ дежурствоги гьабизе кколаан. Гьез тӏубараб къоялда жаниб цогидал къокъабазе чанго тадбир тӏобитӏизе ккола.\nПалхӏасил, нижер пикру ккана къокъаялда машгьураб «Лада-Седан» абураб цӏар лъезе. Гьениб нижер щивас бицана жидерго ракьалъул хӏакъалъулъ. Дагъистанияз ва чачаназ бихьизабуна миллияб кьурди ва киналго къокъацоял кагътил «Ладаялдаги» рекӏун «свери бахъизе» рачана.\nКӏиабилеб къоялдаса нахъе, къалъудаса хадуб байбихьана дарсаздеги. Нижее лекциял цӏализе, мастер-классал рихьизаризе рачӏун рукӏана батӏи-батӏиял соназ Тӏолгороссиялъул «Лъагӏалил учитель», «Лъагӏалил тарбиячи» къецалда чӏел босарал учительзаби ва тарбиячагӏи, гӏалимзаби, методистал. Гьезда гьоркьор рукӏана Раис Загидуллин, Мария Ахапкина, Дмитрий Лутовинов, Анастасия Шлемко ва гь.ц.\nЛекциял цӏалун гурониги, гьез гъира бугезе тӏоритӏана индивидуалиял консультациялги. Цӏакъ гӏемерал ва пайдаял баяналгун лъай щвана киназего гьел спикераздаса. Конкурсазде хӏадурлъиялъе щулияб кьучӏ лъунин абизе бегьула гьел къоязда жаниб. Хадубккунги жамгӏиял гьиназдасанги нужее кӏвараб кумек гьабилин рагӏи кьуна гьез.\nЛагералда Кавказалъул къоял\nТӏоцебесеб къоялъго, лъай-хъвай гьабулелъул гӏадат-гӏамалалъул хӏа-къалъулъ суалал кьолел рукӏана гьел. Цо къоялъ Чачаналдаса Мадина Минтаяевалъ тӏаде босун букӏана радал зарядка гьабизе. Гьелъ гьеб бихьизабуна миллияб кьурдул хаслъабаздалъун. Гьенирго гьелъ киналго къокъацоял ахӏана къасиялде аскӏоб бугеб кафеялде гьангун хинкӏал кваназеги. Гьениб гьелъ бицана гьел гьариялъул ва цогидалги жидерго гӏадатазул хӏакъалъулъ, бихьизабуна миллияб кьурди. Гӏурусазулги гъира ккана лезгинка кьурдизе ва гор-свериги гьабун чанго свери бахъана гьезги нижеда цадахъ.\nГьениб цояз гьикъана нужеда гъорлъ Расул Хӏамзатовасул ракьцоял ругищилан. Дун вугин абидал, рахьдал мацӏалда гьесул кучӏдул цӏалеян тӏаделъана киналго. Авар мацӏалъул чвахиялъ хӏайран гьарурал гьел рихьидал, ракӏалде бачӏана машгьураб, кьода гъоркь къвакъвадулел къуркъбузул хӏакъалъулъ абундач. Пикру ккана гьитӏинабго къец лъазабизе: лагералъул ахирисеб къоялъ гьеб абундач цӏализе кӏваразе дир рахъалъан гьитӏинаб сайгъат букӏине бугин. Гӏемеразе интерес ккана гьелъул. Кигӏан ралагьаниги, дун тун батӏияв магӏарулавги лагералдаго ватичӏого, батӏияб миллаталъул вакилзабазухъеги ун, чангояз хӏаракат бахъана гьеб лъазабизе.\nНижеда цадахъ йикӏарай Зугьраханум Ходжаевалъги жийго йигеб рукъ гьалбал къабул гьарулеб рукъалде сверизабуна. Гьелъ гьабураб тӏагӏамаб чай гьекъечӏев чи лагералдаго къанагӏатги хутӏун ватиларо.\nГӏицӏаб чаялъул жо кколарин, белъун гьангун, хинкӏал гьаричӏого тӏубаларин чӏана Зугьраханум. «Лъагӏалил учитель» конкурсалъул жюриялъул гӏахьалчагӏиги цогидал гъира бугелщиналги ахӏун, нижецаги «Маякалъул» столоваялда гьитӏинабго сухӏмат тӏобитӏана. Киназего цӏакъ бокьана хинкӏазде данде хӏадурараб ражи.\nЛагерь къаялъул тадбиралдаги рачӏана гӏуцӏарухъаби нижеда аскӏоре сценаялдеги рахъун лезгинка кьурдизе рахъинарищилан. Нижедаго цадахъ гьенир рукӏарал гӏемериселги щвана кьурдул гурулъе.\nНижецаги гьел киналго исанасеб Расул Хӏамзатовасул юбилеялде ахӏана.\nРатана лагералда батӏи-батӏиял шагьаразда ругел нилъер ракьцоялги. Ниж Дагъистаналдаса рукӏин лъайдал, цо гӏолохъанчи вачӏана нижехъе, жив Астраханалда гӏумру гьабун вугев лезгинав вугин. Гьев ватана цадахъ вукӏарав Тамерлан Таибовасул росуцояв. Гьединго, цо гӏурусай ячӏана нижеда аскӏое, нужеда гьоркьоса кинавила авар мацӏалъул учитель кколевинги абун. Дун кколин абидал, жиндир кӏодоэбел магӏарулай йикӏанин бицана гьелъ.\n«Балъгояв гьудулги» Расул Хӏамзатовги\nБайбихьудаго гӏуцӏарухъабаз лъазабуна «Балъгояв гьудул» абураб хӏай тӏобитӏизе бугин. Гьеб тӏобитӏула гьадинаб тартибалда: щивас жиндихъе кьураб кӏудияб конверталда тӏад хъвала жиндирго цӏар ва фамилия, къокъаялъул цӏар ва телефоналъул номер. Гьелго баянал тӏад хъвараб гьитӏинаб конвертги рехула гьелда жанибе. Гӏуцӏарухъабаз кӏудиял конвертал залалъул къадазул ракьандасан цӏарал кваразда рала, гьитӏинал конвертал журазеги гьарун гӏахьалчагӏазда гьоркьор рикьула. Цинги, ахирисеб къоялде щвезегӏан щивас жиндирго цӏияв гьудуласул конверталъур хъвай-хъвагӏаял ва гьитӏинал сайгъатал лъолел рукӏана. Ахирисеб къоялъин абуни гьеб конверталда жаниб лъезе кколаан нилъеего бищун бокьулеб тӏехь. Дица дирго гьудуласе кьезе босун букӏана гӏурус мацӏалда Расул Хӏамзатовасул «Целую руки матерей» абураб тӏехь. Бихьиларедухъ гьениб тӏехьги лъун гӏодов чӏедал, дида халлъана конверталъул бетӏергьан гьелде аскӏое ячӏуней йикӏин. Гьениб жаниб Расулил тӏехь батидал, гьелъул гьаракь кӏанцӏана. Цинги, хадув жиндирго «балъгояв гьудул» дун вукӏин лъайдал, баркала кьезе ячӏана Москваялдаса цӏияй гьудул. Расулил тӏехь цӏализе щвезе анищ букӏанин бицана гьелъ. Эбелалъул хӏакъалъулъ хъварал кучӏдул рукӏиналъ цӏакъго йоханин абуна гьелъ.\nГьудуллъиялъул цӏадухъ\nГьале, ахирисеб къоялъ нахъеги данделъана къокъацоял нижерго гъасда. Гьеб букӏана пашманлъиялъул асар гъорлъ бугеб данделъи. Щайин абуни, лъиениги бокьун букӏинчӏо цӏиял гьудулзабигун ратӏалъизе. Ракӏалдещвеялъе цоцазе сайгъаталги гьарун, цоцахъе гьоболлъухъеги ахӏун дагь-дагьккун къо-лъикӏ гьабуна тренинг-лагералъулгунги гьудулзабазулгунги. Хьул буго, Шепсиялда бакараб гьудуллъиялъул цӏа щивасул рекӏелъ даим бакун хутӏилин абураб.\nМухӏамад Манапов"}
{"slug": "23763-rokutsa-rakaral-chirakh-al", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23763-rokutsa-rakaral-chirakh-al", "title": "Рокьуца ракарал чирахъал", "date": "2023-07-24 09:59:05", "categories": ["kaziyat"], "text": "Къойил гъираялда гӏедегӏула гьев хӏалтӏуде. Гьесухъ балагьун батула анцӏ-анцӏ бер. Гьел беразулъ букӏунебщинаб божилъиги рокьиги. Гьесул гӏумруялъул гӏидраялда аза-азар батӏиял кьеразул накъищал угьула гьел бераз. Кӏи-кӏи бер цадахъ рикӏкӏун – гьелгощинал тӏанчалги рукӏуна гьесул къисматалъул тӏохьода. Гьанирги ракӏалде рачӏунел руго дида Хӏамзатил Расулил рагӏаби:\n— Нужеда рихьаралищ – тӏугьдузда берал руго,\nРалагьула гъол нужехъ, ралагьула-гьимула…\nГьеле гьеб гьимиялъухъ тӏолабго гӏумру кьола гьес. Гьеле гьеб гьимиялъ кьола гьесул талихӏалъе къуват. Ракьалда толел лъалкӏалги гьесул гьеб гьимиялда рарал руго.\nВа гьесда цӏарги буго – УЧИТЕЛЬ.\nБералги ругел тӏугьдуллъун руго ва хутӏула гьесие абадиялъе жиндирго цӏалдохъаби.\nГьел тӏугьдуз бицуна учителасе гӏумруялъул хӏакъалъулъ, чанги гӏумруялъул дарсалги кьола гьез учителасе. Гьезул гьимиялъул роцада букӏуна учителасул талихӏги. Гьезда цӏарги буго – Цӏалдохъаби.\nУчительги цӏалдохъанги – цоцазе рокьи бикьулеб кӏиго хӏикматаб жавгьар.\nКӏиго хӏикматаб жавгьар\nЖакъа гьаб гьитӏинабго макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго гьел жавгьаразул цояллъун ругел Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель Хатимат Мирзоевалъул ва гье-лъул цӏалдохъабазул хӏакъалъулъ.\n— Хатимат гӏемерал соназ хӏалтӏулей йиго гьеб лицеялда. Цӏалдохъабазе гьей йокьулеблъи дида мухӏканго лъала. Щайгурелъул дида аскӏой гьей дагьабниги мехалдагицин хутӏани, гьелъухъе цӏалдохъан кӏалъачӏого хутӏичӏо цониги нухалда. Рокъобе хӏалтӏи щиб кьурабилан гьикъизе гуребха – дур гьаракь рагӏизе бокьун букӏанилан ва цоги-цогидал багьанабиги ратун. Гӏенеккизе бокьилеб хӏалалда бицунеб магӏарул мацӏги букӏуна гьезул. Учителалъ гьезие данде кьолеб хӏеренаб жавабгиха. Дунялалда ругелщинал бищун берцинал рагӏабиги сайгъат гьарула гьелъ гьезие. Гьединго зама-заманалдаса рокъореги ахӏула Хатимат Дахӏададаевнаялъ лъимал. Гьедин бижун бачӏуна учителасдаги цӏалдохъабаздаги гьоркьоб гӏажаибаб хинлъи. Гьелда цӏарги буго – РОКЬУЛ КЬО.\nГьеб рокьул кьодасан къойил гӏедегӏула Х. Мирзоева жиндираллъунго лъугьарал цӏалдохъабазухъе.\n— Дида ккола гьеб бугин аслиябиланги учителасул жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏулъ. Учителасул рекӏел гъварилъудасан беролаго бачӏине кколеб хинлъиялъул тӏагӏам цӏалдохъабазда байбихьудаго би-чӏчӏичӏони, гьесул хӏалтӏуда тату букӏунаро. Учителасул хӏалтӏул тату — цӏалдохъабазул рокьиги, тӏугьдулгӏан берцинал гьезул беразулъ тӏегьан бачӏунеб божилъиги, божилъиялъ лъалъалеб рокьиги. Гьеб кинабго цадахъ бугони, абизе бегьула учителас жиндир гӏумруялъул дарсал гӏадада инчӏилан, — илан абуна Хатиматица.\nРеспубликаялъул Лъай кьея-лъул министерствоялъ исана тӏо-битӏулеб буго «Баркала, учитель!» абураб акция – чӏахӏиязги гӏисиназги открыткаялдалъун бар-\nкизе ккола жидер гӏумруялда лъалкӏал тарав вокьулев учителасда Педагогасул Лъагӏел. Хатиматихъе рачӏаралщинал открыткаби рихьараб мехалда, ракӏалде ккана дида гьелъул хӏакъалъулъ макъала хъвазеги. Гьенир дица цӏаланщинал берцинал рагӏаби. Ва бичӏчӏана учителалъ лъималазе кьураб хинлъиялъулги рокьулги дагьалго къатӏ-раби тӏадруссун рачӏунел рукӏин.\nДица гьаниб дагьалго къатӏра-бийилан абулеб буго. Щайгурелъул учителасул кӏудияб ракӏалъ къва-тӏибе кьураб канлъиги хинлъиги тӏубанго тӏадбуссинабизе хӏалкӏолеб батиларо.\nЦо нухалда Хатиматихъе рокъоеги щвана дун – компьютералдасан гьабулеб хӏалтӏуе кумек къваригӏун букӏана. Гьелъухъе гьоболлъухъ рачӏарал цӏалдохъабиги ратана дида гьенир. Гьединго тӏаде ячӏана ИЯЛИялъул аспирантка, Санкт-Петербургалдаса Рания. Дагъистаналде ячӏарай гьелъие цӏакъ бокьун букӏана Хатиматица магӏарул мацӏ малъизе. Гьейги — Хатимат Дахӏададаевнаялъул цӏалдохъан. Хатиматица дарсал кьола «Калам» школалдаги, ай онлайн-дарсазде рачӏунаан бокьараб ригьалъул цӏалдохъаби. Гьей студенткаялъ бицана жиндие дагьабги лъикӏ лъай-хъвай гьабизе бокьун букӏанила учителалъулгун. Сордо-къоялъул бокьараб ригьалда жиндихъе кӏалъазе ихтиярги кьун букӏуна учителалъ.\nБокьула цӏалдохъабазе Хатиматил дарсазде рачӏине. Гьелъул хӏасиллъунги ккола цӏалдохъабаз республикаялъул ва шагьаралъул даражаялда тӏоритӏулел конкурсазда, олимпиадабазда росулел цересел бакӏал.\nХатимат жийгоги ккола творческияб къагӏидаялда хӏалтӏулей учитель. Гьелъ санайил росула тӏолгороссиялъулги, республикаялъулги, шагьаралъулги творческиял конкурсазда цересел бакӏал. Масала, «Второе дыхание родным языкам», «Науки юношей питают», «Язык предков», «Учитель живет в учениках», «Литературная Россия», «Мой лучший урок», «Лучшая методическая разработка». Улкаялъе захӏматал гьал ахирисел соназги бихьизабуна Хатиматица цӏалдохъабазда мисал.\n— Ватӏан бокьиялъул тарбиялъул щибаб дарсида бицуна щивав учителас. Ва гьале тӏаде щвана къо, гьеб тарбиялъул хӏасил гьабулеб. Ватӏаналъул гъалатӏал ралагьулаго, цо-цоязда кӏочон тана Ватӏаналъ реэдулеб букӏараб заман. Жиндир лъималиланги абун, гьелъ каранде къалел рукӏарал лахӏзатал. Жакъа нилъерги рес буго гьелъул рокьи дагьабниги къадаралда тӏадбуссинабизе. Ва дида ракӏалде ккана лъималгун цадахъ гьеб рокьул къатӏраби ватӏаналъе тӏадруссинаризе. Тӏоцебесеб иргаялда, дицаго бихьизабуна мисал СВОялда гӏахьаллъулел солдатазе кумек гьабиялъулъ. Дица цӏалдохъабазда щибго абичӏониги, гьелги гьезул хъизаналги нахъе кӏанцӏун чӏечӏо.\nСолдатазухъе кагъталги цадахъ хъвана нижеца, бахӏарзазул хӏакъалъулъ матералги цадахъ бакӏарана нижеца. Ирга щоларого рукӏунаан дарсазда лъимал, жидецаго бакӏарараб материалалъул хӏакъалъулъ цогидазе бицине къваригӏун.\nГьединго нижеца тӏоритӏана «Спасибо деду за Победу» ва «Спасибо внуку за Победу» абурал акциялги, — ян бицана Хатиматица.\nГьал тадбираздалъун жиндие бихьизабизе бокьун букӏанила бахӏарчиял наслабазул бухьенилан абуна учителалъ.\nХатимат ккола «Хӏакъикъат» газеталъулги божарай гьудул. Щиб тадбир газеталъ яги газеталда тӏобитӏулеб бугониги, гьелъги гьелъул цӏалдохъабазги жигараб гӏахьаллъиги гьабула. Гӏемер щола Хатимат гӏагараб газеталде гьоболлъухъ.\n— Къадада чӏварал суратаз бицуна нилъее магӏарулазул тарих. Гьединлъидал дир гъира букӏуна цӏалдохъабигун цадахъ нужехъе, магӏарул миллияб гъасде, ячӏине. Батӏаго ракӏ цӏала дир нужехъе щвезе, магӏарул мацӏ цӏунулел нуж рихьидал, дагьабги гъира ккола хӏалтӏизе, — ян абуна Хатиматица гара-чӏвариялъул ахиралда.\nРокьуца ракарал чирахъаллъун руго Хатимат Мирзоевалъе цӏалдохъаби. Биччанте цоцазде бугеб рокьиялъ бокъинабурал учителалъулги цӏалдохъабазулги шагьраялда ва сухъмахъазда киданиги хер бижунгутӏизе.\nХатимат Дахӏададаевнаялъ кӏу-дияб гӏахьаллъи гьабула учительзабазул жамгӏияб гӏумруялъулъги. Гьей чанго нухалда мустахӏикълъана республикаялъул школазул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏи-диновалъул баркалаялъе, хасго коронавирусалъул заманалда учительзабазе дистанционниял дарсал хӏадур гьариялъухъ. Гьелъие кьуна Хӏурматалъул грамота, батӏи-батӏиял даражаязул дипломал, баркалаялъул кагътал. Магӏарул ва цогидал миллаталъул учительзабазе кумекалъеги, жиндир хӏалбихьиялдаса цогидаз пайда босизеги букӏине, гьелъ гӏуцӏун буго хасаб сайтги.\nГьединго Хатимат ккола Махӏач-хъала шагьаралъул школазул миллиял мацӏазул учительзабазул модераторги.\nХ. Мирзоева ккола «Шагьара-лъул бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» конкурсалъул лауреатги.\nХатимат Дахӏададаевна муста-хӏикълъана «Россиялъул лъай кьея-лъул Хӏурматияй хӏалтӏухъанг» абураб цӏаралъеги.\nГьарула учителалъеги гьелъул гӏумруялъул жавгьараллъун ругел цӏалдохъабазеги дагьалги чӏахӏиял творческиял бергьенлъаби. Гьезул нухазда къалъараб даимаб чирахъги талихӏалъул нурлъун рещтӏаги щивасул къисматалда.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "23764-khialtii-gabizegi-k-varigiuneb-gelda-rek-arab-makhshchel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23764-khialtii-gabizegi-k-varigiuneb-gelda-rek-arab-makhshchel", "title": "Хӏалтӏи гьабизеги къваригӏунеб гьелда рекъараб махщел", "date": "2023-07-24 10:00:37", "categories": ["kaziyat"], "text": "Исана 30 сон тӏубала Махӏачхъалаялда Урологиялъул республикаялъулаб центр рагьаралдаса. Жакъа гьенив хӏалтӏулев вуго 176 чи, гьезда гьоркьоса – 36 тохтур ва 66 медсестра. Гьениб буго 100 унтарав вегизе бакӏги. Централъе нухмалъи гьабулеб буго Дибирдада Хӏажиевас.\nБаян:\n1971 соналда Дибирдада Хӏажиевас лъугӏизабуна Буйнакскиялъул медучилище. Хадуб тӏубазабуна рагъулаб хъулухъ – вукӏана медикиябгун санитарияб батальоналъул фельдшерлъун.\n1977 соналда цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. 1981 соналда СССРалъул медицинаялъул вузазда гьоркьоб тӏобитӏараб гӏелмияб конференциялда мустахӏикълъана Меседил медалалъе – бищун лъикӏаб гӏелмияб хӏалтӏиялъухъ.\n1980-1984 соназда хӏалтӏана ДГМИялъул комсомолалъул комитеталъул секретарьлъун. Цадахъго цӏалулев вукӏана гьебго вузалъул клиникияб ординатураялда. Гьелдаса хадуб байбихьана республикаялъулаб клиникияб больницаялда тохтур-урологлъун хӏалтӏизе. 1991 соналда тӏамуна рехсараб отделениялъул заведующийлъун.\n1993 соналда, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул буюрухъалда рекъон, Дагъистаналда рагьана Урологиялъул республикаялъулаб центр. Гьелдаса нахъе рехсараб централъе нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул штаталда гьечӏев бетӏерав уролог Дибирдада Хӏажиевас. Гьесулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n– Дибирдада, баркула нужеда Урологияб централъул юбилей ва гьарула хӏалтӏулъ икъбал. Гьаб центр рагьилалде кинаб даражаялда республикаялда гӏуцӏун букӏараб урологиял унтабаздаса сах гьариялъул иш?\n– Баркала. Гьаб центр рагьилалде, централияб больницаялда букӏана 110 унтарав вегизавизе рес бугеб урологиялъул отделение. Гьелдаго цадахъ, Буйнакскиялда, Дербенталда ва Хасавюрталдаги рукӏана отделениял.\n– Гьел бакӏал дагьлъунищха рагьараб урологиялъул центр?\n– Бакӏални гӏолелги рукӏун ратила. Жакъа центр бугеб бакӏалда ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ ралел рукӏана больницабазе минаби. Дол соназда сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Ибрагьим Ибрагьимовасда ракӏалда букӏана гьаниб медицинаялъул идараби данде гьаризе. Бана Гӏемерпрофилазулаб лъималазул больница. Букӏана жакъа центр хӏебтӏун бугеб минаги. Гьелде тӏадеги, республикаялда рукӏана урологияб кумекалъе чара гьечӏого хӏажатал аппаратал: ургьисалазда ва кӏващул мухъазда жанир лъугьарал ганчӏал гъурулеб ва бихьиназул кӏващул мухъазда букӏунеб аденома къотӏулеб. Россиялда кинабниги 10 аппарат букӏун батани, гьезул цояб букӏана Дагъистаналдаги. Гьел лъезе бакӏги къваригӏунаан. Гьебги кканин абизе бегьила цӏияб центр рагьиялъе гӏиллалъун. Гьел аппараталги гьанир лъун, 1993 соналъул 18 октябралда ниж рахъинаруна гьанире.\n– Гьел цӏиял аппаратал рукӏун гӏоларо – хӏажалъула гьел хӏалтӏизаризе бажари бугел махщелчагӏиги. Киса ралагьарал гьел?\n– Доб заманалдаго нижер рукӏана махщел тӏокӏал тохтурзаби-урологал. Россиялъул чӏахӏиял ва машгьурал медицинаялъул центразда гьарулел киналго операциял гьарулаан нижецаги – гьединаб даражаялда букӏана махщеллъиялъул рахъалъ Дагъистаналъул урология. Централияб больницаялъул отделениялда хӏалтӏулел рукӏарал киналго махщелчагӏи рачана гьанире.\n– Отделениялъул бакӏалда центр рагьунин абун, нужеда тӏадал ишазулъ, хӏалтӏулъ хиса-басиял кканищ?\n– Урологиялъул центр рагьидал, нижер хӏалтӏи гӏемерлъана. Нижер тохтурзабаз кумек гьабизе ккана республикаялда ругел киналниги больницабазда хӏалтӏулел урологазе, андрологазе. Кӏващул мухъазул гӏузраби ругел киналго унтарал хӏисабалде росана, гьезда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏана. Гьединаб кумекалъе тохтурзаби хьвадиялъул мурадалда гьабсагӏаталдаги хӏадурун буго хасаб график. Пуланаб районалдаса ахӏи балеб буго, кумек хӏажат бугилан абун нижехъе кӏалъарабго, графикалда рекъон ирга щварав тохтур сапаралъ вахъуна.\n– Жакъа буго «гӏарацго гӏарацилан» ахӏулеб заман. Аслияб гуреб хӏалтӏи малъулеб бугин, жидее гьелъухъ тӏадеги мухь кьезе кколин абуларищ тохтурзабаз, сапаразде айилан лъазабидал?\n– Аллагьасе рецц, гьединал хӏалтӏухъаби дир гьечӏо. Операция гьабизеги уна, терапиялъул рахъалъ малъа-хъваялги гьарула, бакӏалъул тохтурзабазе жидерго хӏалбихьиги гьарзаго гьурщула – гьелъие гьунар бугел тохтурзаби руго централда. Амма цониги ккечӏо, дие гьелъухъ тӏадеги гӏарац кьеян чӏарав чи.\nУрологияб центр рагьиялъ рес кьуна пачалихъиял программабаздаги тохтурзабазул гӏелмиял дандеруссиназдаги гӏахьаллъизе. Масала, ахираб заманалда нижер центр гӏахьаллъана «Бихьиназул сахлъи» абураб РФялъул пачалихъияб программаялда. Гьеб программа хӏадурана Н. А. Лопаткинил цӏаралда бугеб Россиялъул Урологиялъул ва интервенциялъулаб радиологиялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъ. Гьелъул нухмалъулев академик Олег Аполихин исана апрелалда вачӏун вукӏана Дагъистаналдеги. Нилъер республикаялде гьесул лъикӏаб бербалагьи букӏиналъул хӏасилалда гьес кумек гьабуна программаялда гӏахьаллъизе рес батиялъе. Республикаялда гьеб программа гӏумруялде бахъинабиялъе биччан букӏана 300 миллион гъурущ.\n– Гьелъул хӏасил кинаб ккараб?\n– Нижеца гьелъухъ босана цӏияб аппаратура, хӏажатаб кинабго къайи-алат. Гьабсагӏаталда централда гьарула бидул цо къатӏра гӏодобе тӏинкӏуларел операциял – гьединал аппаратал руго гьанир. Хӏалтӏизарулел руго гьанже заманалъул, ай тӏадегӏанал технологиязул кьучӏалда гӏуцӏарал, къагӏидаби. Лазералъ гьитӏинабго каратӏги бахъун, нижехъа бажарула ургьисалаялда жаниса гамачӏ нахъе босизе. Гьелдалъун къокълъизабуна больницаялда унтарав вегизавиялъул болжал. Масала, кӏващул цӏуни бугев чи, цебе вегизавулаан 30 къоялъ. Гьанже – 10 къо гӏола.\n– 10 къоялъги вегизавун, кинабгӏаги кумекги гьабичӏого, нахъе витӏана больницаялдасаян абуларищ унтараз?\n– Абиларищха! Гьелде тӏадеги, камуларо цониги укол гьабуларин абурал гӏарзалги. Къваригӏун буго халкъалда бичӏчӏизабизе медицина цебетӏолеб бугеблъи. Дару гьабулеб къагӏидаги хисун буго: уколазул бакӏалда гьарула капельницаби.\n– Дибирдада, медицина цебетӏолеб буго. Гьелъул цӏирагьиязда хадур гъолел ругищ централъул тохтурзаби?\n– Гьанир рехсарал аппаратал росилалдего, Москваялъул Урологиялъул НИИялдеги ритӏун, камил гьабуна централъул тохтурзабазул лъай. Лъай камил гьабизе тохтурзаби ритӏула Москваялъул Тӏоцебесеб мединституталдеги.\n– Ахирал соназда киса-кибего бицунеб буго Дагъистаналъул медуниверситеталъул махщелчагӏи хӏалтӏуде росуларин абун. Гӏарцухъ цӏалун рахъарал тохтурзабазул лъай мукъсанаб букӏин рехсола гьелъие гӏиллалъун. Нужер централъул тохтурзаби кир цӏаларал?\n– Дида бичӏчӏана цо жо: батӏи-батӏиял нигӏматаз цӏезабураб холодильник рокъоб бугел лъимал цӏалуларо. Гьезда бихьизабизе ккола дагьабниги ракъи, къечей, цӏорой-хинлъи. Гьеб мехалда гьез къимат гьабизе буго цӏалул гуребги – эбел-инсул ва хадубккун жидерабго захӏматалъулги.\nЦентралда хӏалтӏулел руго, цо чи хутӏизегӏан, нилъерго медуниверситет лъугӏарал тохтурзаби. Цӏализе гъира бугони, гӏарацги кьезе кколаро, цӏалдезеги сунцаниги квалквал гьабуларо. Дида абизе кӏола: дир тохтурзаби руго къанагӏатаб гьунаралъул махщелчагӏи! Гьел гьанире хьвадана студенталлъун рукӏагоги, ординатураялдеги. Студентал практикаялде рачӏараб мехалда, дица халккола гьезул лъаялда, махщалиде бугеб бербалагьиялда хадуб. Ва хадубккун гьанир хӏалтӏизеги ахӏула.\nКамуларо, цӏаруе, реццалъе гӏолоян абун, эбел-инсуца гӏарацги кьун, жидеего бокьичӏого, мединституталде хьвадулел студенталги. Амма хӏалтӏизе заман щведал, гьез хӏехьоларо отделениялда букӏунеб захӏмат ва хехго нахъе уна. Бахчун щай, восун вукӏана дицаги гьединав цо гӏолохъанчи хӏалтӏизе – пуланав чияс гьарун. Цо къоялъ вачӏунаан хӏалтӏизе, кӏиго къоялъ вачӏунароан. Гьанив вугебгӏан заманалъ гьесул тӏолабго тухум-кьибил «хун батила». Хӏалтӏуде вачӏунгутӏиялъе гӏилла балагьулелъулха дос. Талихӏалъ, гьев хехго лъутана гьаниса.\n– Жакъа Дагъистаналда бищун тӏибитӏараб урологияб унти кинаб бугеб? Щиб гьелъие гӏилла?\n– Республикаялда, хасго Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Болъихъ, Рутул районазда, бищунго тӏибитӏараб унтилъун рикӏкӏуна кӏващул мухъазда гамачӏ лъугьин. Гьебги бараб буго гьекъолеб лъеда. Масала, Лъаратӏа, Шамил районазда гӏурул лъим гьекъолеб бихьана дида. Гьекъезе хӏалтӏизабулеб лъел анализ гьабизе ккола. Нижер Хунзахъ районалда ругел иццазул лъелъ хӏажалъулелдаса цӏикӏкӏараб кальций буго. Гьеб ккола кӏващул мухъазулъ гамачӏ лъугьинабулел гӏиллабазул цояблъун.\n– Щиб гьабилеб, гьеб унтиялдаса цӏунизелъун?\n– Щивасул рес буго лъим гьализабизе. Гьеле унтудаса цӏуниялъе сабаб. Амма гӏемераб заманалъ гьализабизе бегьуларо – гъорлъ рукӏунел черхалъе пайдаял минералиял элементал тӏубанго хвезарула.\n– Магӏарухъ руго даруял лъел иццал. Гьел гьекъани…\n– Даруял лъел хӏамамал гьаризе лъикӏаб буго. Гьекъанин абун, кӏващул мухъазе гьелъул пайда букӏунаро.\n– Централда цебечӏараб аслияб масъала щиб бугеб жакъа?\n– Нилъер гӏадамал заманалда унаро тохтурасухъе – унти басралъизегӏан чӏола.\nДир буго машина. Зама-заманалдасан, ай нухлул 10 азарго километр нахъа тарабго, дица халгьабула гьелъул моторалъухъ, жаниб нах бугищали, бурдул «чӏаго» ругищали, хисула тормозал, цогидал жал. Щивав шоферасги гьедин гьабулеб батила. Амма инсан кантӏуларо жиндирго чорхол сахлъиялъухъ халгьабизе! Бащдаб лъагӏалидасан ине ккола рекӏел, ургьисалазул, цогидал лугбазул УЗИ гьабизе. Хӏал гьабун рачӏинаризе кколел руго гьанире! Масала, операцияги гьабун, кӏващул мухъазда лъола стент (хасаб трубка). Гьеб хисизе ккола лъабго моцӏидасан. Гьеб заманалде централде вачӏаян рокъове витӏарав унтарав вачӏуна лъагӏалидасан. Цӏидасан гьабизе ккола операция.\nЦоги масъала. Нилъер районазул больницабазда гьечӏо урологал. 6-7 сагӏтил нухги нахъа тун, Цӏунтӏаса Махӏачхъалаялде унтарав вачунаго, бокьараб жо ккезе рес буго. Дица чамалиго соналъ республикаялъул министерствоялде ахӏи балеб буго районазда гьоркьоселниги урологал чӏезареян абун. Лъаратӏа районалде штат кьуни, масала, гьенире рачӏинаан Цӏунтӏасаги, Бежтӏасаги унтарал. Амма хӏасил кколеб гьечӏо. Гӏилла – гӏарац гьечӏолъи. Нормативалда рекъон, урологасул штат рагьизе ккани, районалда гӏумру гьабизе кколеб буго 20 азарго чияс. Урологасул иш, хасаб буюрухъалдалъун, тӏадкъазе кколеб буго больницаялда хӏалтӏулев хирургасде. Кинабго хӏалтӏи гьесда лъалароха.\nБокьилаан гьанибго, урологиялъул центрилан цӏарги бугелъул, нефрологиялъул, лъималазул отделениял рагьизеги, унтараб ургьисалаги нахъе босун, цӏияб лъолеб операция гьабулеб бакӏги, диализ гьабизе санагӏатги ва цогидалги тадбирал гьаризе. 1200 чи вуго гьабсагӏаталда Дагъистаналда ургьисалазул унтаби ругев. Кӏинусгогӏанасев чи вуго, жинда чияр ургьисала лъурав ва гьебго операциялъе иргаялда чӏун вуго щунусгониги чи. Диализалде хьвадулев вуго анлънусгогӏанасев чи. Гьеб бичӏчӏулев чиги гьечӏо. Жалго бетӏергьанал гьединал централ руго республикаялда, амма дир пикруялда, гьел тадбирал гьаризе ккола пачалихъияб централдаги.\n– Централде унтарал рачӏунеб мехалда, цадахъ направление букӏине кколеб батила?\n– Направление гьечӏониги, цӏакъго цӏикӏкӏараб, хӏехьезе кӏолареб унтигун вачӏарав чи нижеца нахъчӏваларо. Цадахъ букӏине ккола медицинаялъул ва страховияб (СНИЛС) полисалги паспортги. Амма профосмотралъе ине ккола бакӏалъулаб поликлиникаялде.\nГара-чӏвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ\nУрологияб централъул хӏакъалъулъ пикраби\nХатун Къурамухӏамадова (I-себ урологиялъул кӏудияй медсестра): «Ункъго соналъ хӏалтӏулей йиго дун кӏудияй медсестралъун ва 20 соналъ – медсестралъун. Гьел соназда жаниб гӏемерал хиса-басиял ккана гьанир. Цӏиял аппаратал рачӏана, дарабаздалъун больница хьезаби камиллъана, унтаразе дару-сабаблъе ресал гӏемерлъана. Гьелъие квербакъула Дибирдада Пазлуевичасул жигарчилъиги тӏалабчилъиги.\nНижер отделениялда буго 50 унтарасе бакӏ. Букӏуна унтарал жанахӏалда регизаризе ккараб мехги. Тохтурзабазеги цогидал хӏалтӏухъабазеги заманалда кьола моцӏрол харжал, рукӏуна премияби, тӏаде жубала гъирабазабиялъул бутӏаялдасаги гӏарац. Бетӏерав тохтурасда разияв гурев чи гьечӏо гьанив. Ниж хӏинкъун руго, рарал сонал сабаблъун, Дибирдада Хӏажиев нахъе ине гурин абун. Меседил кверал ругев тохтурги, тӏалабчилъи цӏикӏкӏарав нухмалъулевги вуго гьев».\nГӏабдула Абакаров (Гӏахъуша районалъул Дубри-махи росу, 63 сон): «Дун гьанив вегун вукӏана кӏващул къвачӏаялда тӏад кӏиго киста бижиялда бан. Централда гьабуна операция. Гьаниб бана 10 къо ва жакъа рокъове унев вуго, кинабгӏаги унти-къварилъи гьечӏого. Операция гьабун, кӏиабилеб къоялдаго тӏаде вахъана дун. Унтиги кӏочана. Цониги дару, катан ва цогидаб жо босизе ккечӏо – кинабго чӏезабун буго больницаялдаго. Дир тохтурлъун вукӏана Хӏусен Къадиев – кутакалда лъикӏав чи ватана гьев».\nГӏабдурашид Рашидов (Табасаран районалъул Пилиг росу, 72 сон): «2021 соналда дие гьаниб операция гьабуна. Рокъов вукӏана, щибго къварилъи гьечӏого. Исана байбихьана унтизе – квачалъул хӏасил. Къватӏиве вахъинчӏого тӏубаларелъулха. Гьениб гьури-квач хъвачӏогоги хутӏуларо. Къокъго абуни, дунго дицаго цӏунунгутӏиялъ, цӏидасан гьаниве ккана. Дица гьаниб балеб буго 12-13 къо. Дару-сабаб гьабулеб буго, цӏакъал тохтурзаби руго. Дир тохтур ккола Хӏажимурад Гӏусманов. Щибаб къоялда гьев вачӏуна нижехъ балагьизе, лъикӏаб накъит гьабула, гьабураб даруялъул хӏасил кколеб бугищали бицуна. Районалъул больницаялдаса витӏун вачӏана дун гьаниве. Унтаразе рекъараб квенги буго гьаниб».\nТайбика (Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росу, 62 сон): «13 сон баралдаса нахъе ургьисалаби унтарай гӏадан йиго дун. Цояб ургьисала тӏубанго бакъвана ва кӏиабилеб цӏунизе кколеб буго. Гьелъулги хутӏун буго 10 процент – хутӏараб бакъван буго. Щуцӏул операция гьабуна дие.\nНижер росулъе хехаб кумекалъул машина букӏунаро. Гьединлъидал дун, унти цӏикӏкӏараб мехалда ва гьеб хӏехьезе яхӏ гӏоларого йигелъул, ячӏуна рокъосанго гьаб централде. Гьаниб дие операция гьабуна 2017 соналда ва лъуна стент. Гьеб хисизе ккола лъабго моцӏидаса лъабго моцӏиде. Гьанжесалалъ дун хехго ячӏине ккана – стент жаниса чороклъун букӏиналъ, кӏващги къватӏибе бачӏинчӏого, тӏолабго черх гьорозе байбихьун букӏана.\nГьаб централъул тохтурзаби дида рокъоса чагӏиян ккола. Гӏемер хьвадизе кколелъул гьание. Кутакалда хӏалимал, ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулел чагӏи руго гьанир. Кигӏан свакан ругониги, гьезул кӏалдиса хъачӏаб рагӏи рагӏичӏого дида. Махӏачхъалаялда гьаб гӏадинаб лъикӏаб больницаго батиларо. Гьаб централъул тохтурзабазул бихьизабиялда рекъон, лъабго соналъ диализалдеги хьвадула дун – Буйнакскиялдаго.\nКӏудияб баркала буго Урологиялъул централъул киналго хӏалтӏухъабазе! Гьезул кумек щолеб букӏинчӏебани, дир иш лъугӏилаан цебего. Направление кодоб гьечӏониги, къабул гьаюла дун. Документал хадур рачӏинаризе бегьулинги абун, цин чӏаго хутӏиялъе сабаб батула. Рокъоса ахӏунги рачӏуна тохтурзаби! Чанги ккана дун гьание, байрамкъоязда, гьатӏанкъоязда, сардилъ. Дир рахӏатги хвезабунин, мун сабаблъун вачӏине кканин абичӏо жеги цониги тохтурас»."}
{"slug": "23797-kaspiyal-akhiulel-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23797-kaspiyal-akhiulel-rugo", "title": "«Каспиялъ» ахӏулел руго", "date": "2023-07-28 07:34:34", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Северияб Кавказалъул «Каспий-2023» гӏолилазул форум тӏобитӏизе буго 16-21 сентябралда. Гьедин бицана 27 июналда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб прессконференциялда ДРялъул гӏолилазул ишазул рахъалъ министр Камил Сагӏидовас. «Исанасеб форум тӏобитӏизе буго Избербашалда, «Прибой» турбазаялда. Гьелда гӏахьаллъизе вуго 500 чи. Цӏикӏкӏине буго грантазул конкурсалъе бихьизабураб гӏарцул къадарги. Ахираб кӏиго соналъ форумалде гӏамм гьабун 12 миллион гъурущ биччан букӏун батани, исана 9 миллион гъурущ биччазе хӏукму гьабуна. Форумалъул программаялъулъги рукӏине руго хиса-басиял. Масала, цебе гьеб цохӏо лъай кьеялъул форум букӏун батани, исана букӏине буго лъайгун тарбия кьеялъул форумлъун. Жакъа нилъеда цебечӏараб масъала бугелъулха гӏолеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьей», — ан бицана К. Сагӏидовас. Пресс-конферанциялда гӏахьаллъана «Каспий» форумалъул жамгӏияв директор Гӏиса Рамазановги. Гьес бицана нилъеда бихьулеб бугин «Движение первых» абураб Тӏолгороссиялъул гӏолилазул ва школлъималазул гӏуцӏиялъул бугеб цебетӏей. Гьединлъидал исана форумалда гӏахьаллъизе рес бугин 14-18 сон барал гӏолилазулги. Гьезие хӏадурараб хасаб программаги букӏине буго. Форумалда гӏахьаллъизе бокьараз гӏарзал ритӏизе бегьула Росмолодежалъул сайталде, 30 июлалде щвезегӏан."}
{"slug": "23845-burtunayalde-grabbel-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23845-burtunayalde-grabbel-sapar", "title": "Буртунаялде Граббел сапар", "date": "2023-08-02 09:16:50", "categories": ["kaziyat"], "text": "Тарихалда гӏемерал лъугьа-бахъиназул нугӏлъун буго Казбек районалъул Буртунай росу. Гьединлъидал бокьун буго Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь ватӏаналъул эркенлъиялъе гӏоло гьабураб Кавказалъул рагъул заманалда гьеб росдал ракьалда ккарал цо-цо ишазул бицине.\nГӏемерал соназ унеб букӏана рагъ. Бихьулеб букӏинчӏо гьелъул ахир. Кавказалъул сардарлъун тарав щивас рагӏи кьолеб букӏана Шамилил хӏаракат къинабизе. Гьелъие харж гьабулеб букӏана гӏемераб гӏарац, къуват ва сурсатал. Амма гьелъул хӏасил кколеб букӏинчӏо. 1937-1939 соназ Шамилица тӏобитӏана цо чанго рагъулаб операция ва бергьенлъаби росана. Гӏемерлъулел рукӏана имамасул рахъкколелги.\nПачаясда бичӏчӏулеб букӏана Дагъистаналда Россиялъул власть щулалъизе ккани, кьучӏал хӏукмабиги чӏванкъотӏарал тадбиралги хӏажат ругеблъи. Ракӏалда букӏана 1839 соналда гьединаб цо чанго тадбир гӏуцӏизе. Гьезда гьоркьоб аслияб кӏвар буссинабун букӏана, Ахӏулгохӏги бахъун, Шамил асирлъуде восиялъул масъалаялде. Хӏажат букӏана гьеб масъала тӏубазабун бажарулев цӏияв рагъулав нухмалъулев Кавказалде витӏизе. 1838 соналъул ихдал императорасухъе ахӏун вачӏана Ставрополалда хъулухъ гьабулев вукӏарав генерал-лейтенант Граббе. Дандчӏваялдаса хадуб Граббе тӏамуна Кавказ мухъалдагун Черномориялда бугеб аскаралъул командующийлъун.\nЦӏияб хъулухъалда тарав Граббе ана «Внезапная» хъаладухъе, ахӏвал-хӏалалъухъ балагьизе. Хъала бан букӏана Эндирей росдада гӏагарлъухъ ва гьелъие кьучӏ лъун букӏана Ермоловас.\n«Внезапная» хъаладухъан байбихьана\n1838 соналъул хасалихъе Граббеца байбихьана Дагъистаналде рагъулаб сапар хӏадуризе. Кавказалъул мухъалда ругел рагъулал частазул командиразухъе кагътал ритӏана гьес, Дагъистаналде сапар гьабиялъул мурадалда 1839 соналъул тӏоцебесеб маялде «Внезапная» хъаладухъе ракӏареянги лъазабун. Гьениб данделъулеб букӏана Шамилиде данде рагъизе ругел гӏурус аскаразул къуват. Хъаладухъ данделъана микьазаргониги аскарияв, гӏемерал гӏарадабигун гумпараби. Рагъул нухдасан унаго, гьезда цадахъ рахъине къачӏан рукӏана Шураса Апшерон полкалъул батальоналги бакӏалъулаб милицияги. Гьедин гӏолеб букӏана 10-12 азарго чи вугеб аскар.\n1839 соналда бищунго аслияблъун рикӏкӏунеб букӏана Граббел нухмалъиялда гъоркь Салатавиялдасан Гумбеталде гьабулеб сапар – Ахӏулгохӏ бахъизе ва Шамил асир гьавизе. Ахӏулгохӏда хъала цӏигьабун букӏана Шамилица ва гьевги хӏадурлъулев вукӏана тушманасда дандчӏвай гьабизе. Имамасда лъалаан гӏурусазул гьужум гӏагарлъулеб букӏин, Ахӏулгохӏде гӏагарлъизегӏан течӏого, нухда гӏурус аскар гъуризе кколеблъи. Гьелъул мурадалда щула гьаруна Буртунай ва Аргъвани росаби.\n«Внезапнаялдаса» Ахӏулгохӏде букӏана кӏиго нух: цо – Темир-хан-Шураялдаса ва кӏиабилеб — Салатавиялъул Миякьоб, Инчхе, Гъозтала росабалъан Хубаралъул гохӏазде ва хадубккун – Салатавиялъул магӏардасан ва Сунхъулихъалдасан, Ханахъайил мегӏералъул тӏогьисан Къикъ магӏарде. Гьенисан – Гумбеталде. Тӏоцебесеб нух къокъабги киназдаго лъалебги бугониги, Граббеца тӏаса бищана кӏиабилеб нух. Гьелъие гӏиллалъун букӏана Салатавиялда гӏурусазе мукӏурлъичӏел росаби рукӏин. Ва гьезул жамагӏаталги Шамилие кумекалъе Ахӏулгохӏде рахъине рес букӏин. «Граббеца кӏиабилеб нух тӏасабищи букӏана Шамил имамасулги мурад», — ан хъвалеб буго Шапи Казиевас «Ахӏулгохӏ» тӏехьалда.\n1839 соналъул 15 маялда «Внезапная» хъаладухъ бугеб аскар хӏадурун букӏана сапарлъ бахъине. 20 маялда, микьазарго аскарияв вугеб къокъагун, генерал Граббе вагъарана Салатавиялдехун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб бетӏераб отряд къокъана Эндиреялдасан Гебекхъала магӏарде ва бахана Хубаралдехун бугеб тӏалъуде.\nАскаралъул цогидаб бутӏа, цадахъ юкалгун ва гӏарадабигун, ана Миякьосан Ичкаялдехун, Гъозталаялде ва гьениса – Хубаразул тӏалъиялде. Гьениб цолъараб аскар лъалхъана, Апшерон полкалъул аскариялги, бакӏалъулаб милицияги тӏаде щвезегӏан. Гьел рачӏун хадуб аскар ана Гертмаялдаса Буртунаялде — нухрикьуде, ай Теренгъул кӏкӏалахъе щвезегӏан.\nГьеб заманалда генерал Граббеда бицун букӏана кӏкӏалахъ жанибги ва гьелъул квегӏал щобаздаги, «Байрахъ чӏвалеб гохӏдаги», гьединго Буртунай росулъги муридзабазул кӏудияб къуват бакӏарун бугин абун. Гьел рукӏана Шамил имамасулги, наиб Ахъбердил Мухӏамадилги нухмалъиялда гъоркь ругел муридзабазул къокъаби – 3-4 азаргогӏанасев чи.\nШамилида лъалеб букӏана «Внезапнаялдаса» гӏурусал къватӏире рахъараблъи, гьединлъидал гьев вачӏуна Буртунаялде. Аслияб мурад букӏана гӏурусазе магӏарухъе нух къай ва, рес рекъани, гьел тӏагӏинари. Ахӏулгохӏда хъала барав Колоса Сурхайил хӏаракаталдалъун цӏакъ щула гьабун букӏана Буртунай росуги. Букӏаниги имамасда бихьула гӏураб щулалъи гьениб гьечӏеблъи.\nГьужумал ва камиял\n1839 соналъул 24 маялда генерал Граббеца байбихьана гьужумал. Штабс-капитан Л. Богуславскияс хъвараб «Апшерон полкалъул тарих» абураб тӏехьалда гьадин бицун буго гьел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ: «Граббеца хӏукму гьабуна вугеб бакӏалдаса тушман вачахъизе. Ункъо гӏарадаги бачун, аскариял рещтӏана Теренгъул лъарал кваранаб рахъалда ва гьениса байбихьана гьужумалде. Гьезда данде гьабулеб букӏана кутакаб дандечӏей. Тушманасухъа бажаричӏо дандечӏей гьабун ва хехго гьениса лъутизе байбихьана гьез. Шамилил бо биххизабиялъул мурадалда, генерал Граббе, батальоналгун цадахъ вахана кӏкӏалал квегӏаб рагӏалде. Камиязул гӏемерлъиялъ муридзабаз хивалго гьабичӏо, оборонаялъе щулияб хъала гӏадаб бакӏ букӏаниги, Буртунай росу цӏунизе. Маркӏачӏуде гьеб кӏудияб ва гӏезегӏан бечедаб росу бахъана ва бухӏана. Гӏурус аскаралъул чӏвана ункъо ва лъукъана 39 чи. Магӏарулазе ккана кӏудиял камиял», — ан.\nГьаниб абизе ккола, гӏурус офицерзабаз цӏакъ кӏодо гьабун бицунаан жидерго бергьенлъиялъул ва тушманасе ккараб камиялъул хӏакъалъулъ. Гьел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ рехсаралда релълъараб баян кьолеб буго «1839 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ» абураб хъвай-хъвагӏаязда Россиялъул империялъул генералияб штабалъул поручик, гьел рагъазул гӏахьалчи Д. А. Мимлютиницаги (хадубккун гьев вахъана Россиялъул Империялъул рагъулав министрлъун). Гьес хъвалеб буго: «Кӏкӏалал рохьхӏалал щобазда (гьел ккола «Байрахъ чӏвалеб гохӏалдаса» Теренгъулалдехун ругел бакӏал) ккараб кьварараб рагъул хӏасилалда батальонал хӏалихъего рахана гьенире, цадахъ мугӏрузулаб кӏиго гӏарадаги бехъерхъун. Гьеб мехалда магӏарулазул ризал къокъаби, артиллериялъул кьвагьдеялде гъоркьеги ккун, чӏварал муридзабиги авлахъалда рехун тун, Буртунаялдехун ана.\nЦогидал батальонал гохӏде рахи-негӏан чӏечӏого, гьенибе щвараб аскаралъул къокъабигун цадахъ, генерал Граббе лъугьана муридзабазда хадув. Амма магӏарулазул хехлъиялъ гьев хадув гъезе течӏо: муридзаби рикь-рикьун ана сверухъ ругел гохӏаздегун щобазде ва гьезда ракӏалдецин ккечӏо Буртунай росу цӏунизе. Гӏурусазда батана чӏобоголъараб росу. Тӏоцебе гьенибе щвараб къокъаялъ ккуна гьеб ва хутӏараб аскар рещтӏана росу сверун. Генерал Граббеда ракӏалде ккана росулъ сордо базе ва гьес тӏаса бищана ганчӏил бараб кӏудияб мина. Гьесул чукъа-рахханалъги штабалъги ккуна жеги цо чанго мина. Хадусеб къоялда, ай 25 маялда, гӏурус аскариязе ихтияр кьуна росу талавур гьабизе. Росулъа солдатал араб мехалда гьениб бухӏулеб букӏана чанго мина. Хадубккун бухӏана тӏолабго росу», — ян.\nШамилил рагъул къокъаби уна Буртунаялдаса Гумбеталде унеб нухдасан Мичӏчӏикӏкӏалахъехун, гьенибги гьабун букӏуна щулалъи.\nГӏурус аскар уна Тюз-Тауялдаса Сунхъулухъ магӏардехун ва гьенисан – Къиркъ магӏарде, цинги рещтӏуна Гумбеталъул ракьалда. Къиркъ борхалъиялдаса гъоркье рещтӏараб бакӏалда бугеб майданалда гьез бала «Удачная» абураб щулалъи. Щаклъи гьечӏо, гьел рагъазулъ гӏахьаллъана кодоб ярагъ босун бажарулевщинав Буртунаялдаса бихьинчи.\nИбрагьимовалъ хъвана…\nЦо дагьаб батӏияб баян кьолеб буго гьел лъугьа-бахъиназул ва Шамил имамасул хӏакъалъулъ художествиял асарал хъварал автораз. Масала, Шамил имамасул хӏакъалъулъ роман хъвана хъвадарухъан Мариам Ибрагьимовалъ. Гьеб рикӏкӏуна гьесул хӏакъалъулъ хъвараб бищун лъикӏаб асарлъунги. Буртунаялда ккараб рагъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго гьелъ: «24 маялъул бакъанида Граббе щвана Буртунаялде. Радалалде гьениб рещтӏараб артиллериялъ цо чанго гӏарадаялдаса цадахъго чанцӏулго кьвагьана росдаде. Муридзабаз данде жаваб кьуна тункӏазул кьвагьиялдалъун. Гӏарадабаз гумпараби ран рахъиндал, генералас буюрана гьужум гьабейилан абун. «Гьурра» ахӏулаго, бухулеб къолол гьаркьихъе, солдатал рортана нухлул рагӏалда букӏараб кӏудияб гохӏде. Кодор хвалчабигун ва хунжрулгун, гьезде данде рортана муридзабиги. Къокъаб заманалъул рагъги гьабун, солдатал нахъе къана. Гьеб мехалда Граббеца хӏукму гьабуна кӏиго рахъалдасан Буртунаялда кьаби щвезабизе: гъоркьан – нухдасан ва тӏасан — северияб рахъалдасан. Ракӏалда гьечӏеб гьеб ишалдаса хадуб солдатазухъа бажарана оборонаялда кьватӏел ккезабун. Гьел рорчӏана росулъе ва унел рукӏана церехун, тӏохаздасан лъималазги руччабазги жидеде балеб гамачӏ букӏаниги.\nТушман ворчӏараб рахъалдехун кӏанцӏана Шамил ва гьес гьев росулъа вачахъана. Хадусеб къоялъги росдаде кьвагьдана гӏарадабаздасан. Гӏарадабазул щибаб кьвагьиялдаса хадуб бихьулеб букӏана росу тӏубанго биххулеб букӏин. Шамилица сардилъ росулъа къватӏире рахъинаруна руччабигун херал ва лъимал. Кӏиабилеб гьужумалдаса хадуб Буртунай росдал кӏиябго рахъалдасан гьенире рорчӏана Граббел солдатал ва гьезул щибаб галул манзилалда гьабизе кколеб букӏана хунжрузулгун хвалчадул рагъ. Палхӏасил, Шамилида бичӏчӏана Буртунай росу цӏунун бажаризе гьечӏеблъи. Буртунаялдаса гьев нахъе ана».\nГьумер хӏадур гьабуна\nЗайнудин Окмазов"}
{"slug": "23846-g-alim-shag-ir-va-zhamg-iyav-kh-arakatchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23846-g-alim-shag-ir-va-zhamg-iyav-kh-arakatchi", "title": "Гӏалим, шагӏир ва жамгӏияв хӏаракатчи", "date": "2023-08-02 09:18:15", "categories": ["kaziyat"], "text": "Риидалил къоялъ хӏалтӏуде машгъуллъун рукӏарал ниж тӏуркӏизаруна циндаго бахъараб телефоналъул зваргъиялъ. Гьенисан инсуца бицана Мухӏамадрасул-хӏажи къадаралде щун вугин абун.\nНухда къаде какалги ран, къалъудаса нахъе щвана ниж Муцалаулалде. Гьеб мехалда, хваравги вукъун, гӏадамал нахъе рачӏунел ратана. Хабалазда сверухъ ва аскӏор ругел къватӏазда машина лъезецин бакӏ букӏинчӏо. Кинабго жо дагьаб гӏодобе биччараб заманалда ана ниж хварасул лъималазухъе зияраталъ.\nТагӏзияталъул бакӏалда гӏадама-зул гӏемерлъиялъ, гӏеч бортизе бакӏ букӏинчӏо. Гьабулеб вагӏза-насихӏаталъе ахир букӏинчӏо, бу-кӏинчӏо ахир зигаралъе рачӏунел гӏадамазулги.\nЩивха кколев гьев чи, гьедигӏан гӏадамаз къимат гьабулев?\nГьев ккола Цӏунтӏа районалъул Сагьада-Микьуда росулъа бергьарав гӏалим, шагӏир, жамгӏияв хӏаракат-чи Хӏамзатов Мухӏамадрасул-хӏажи. Гьев гьавуна 1938 соналъул май моцӏалда, динияб хъизамалда. 13\nсонил ригьалде гьев вахиндал хвана гьесул эмен. Гьелдаса нахъе Мухӏамадрасул-хӏажи ккола тӏубанго эбелалъул къайимлъиялде. Эбел — Огил Патӏиматица жеги гьитӏинго цӏализе кьола вас, росулъа лъикӏав гӏалимчи, Хасавюрт районалъул Муцалаулалда бугеб Сагьада поселокалда гӏумру гьабун вукӏарав Хӏамзатил Гӏалихъе. Гьеб букӏана нижер росу чачаназул ракьалде гочинабураб заман. Росдал гӏадамал магӏарухъе тӏадруссиндал, цӏализе витӏана гӏалимчи Дибирил Гъазихӏажихъе.\nГьедин цӏалулаго, уна анцӏго сон. Амма доб букӏана киса-кибего хадуб халккун чӏараб КГБ букӏараб замана. Гьедин къала Мухӏамадрасул-хӏажи цӏалулев вукӏараб мадрасаги. Гьелдаса хадуб Хӏамзатов уна Темиргъое росулъе ва гьенив цӏалула Чӏохъа Халид-дибирасухъ. Хадуб цо лъагӏелалъ цӏализе уна Данухъ росулъ дибирлъуда вукӏарав Аргъваниса Гӏабдулхӏамидихъе. Лъагӏелалъ халваталдаса къватӏиве лъугьинчӏого, гьесухъ цӏалула. Жеги цо лъагӏел бахъула Гӏуриса Гӏабдулхӏамидихъ, Данухъ росулъго гӏадин, халваталдаги чӏун цӏалулаго. Хадув цӏализе уна Махӏачхъалаялде, гӏелмияб академиялъул хӏалтӏухъан, Хунзахъ районалъул Гиничукьа Мухӏамадсайидихъе. Чамалиго сон гьесухъги бан, гӏелмуги камиллъизабун, тӏадвуссуна инсул росулъе.\nГьабула ригьин ва вуссуна рукъалде. Гьезие гьарула лъимал – щуго васги цо ясги. Лъугьуна росдал советалда секретарасул хъулухъалде, хадуб – гьебго советалъул бухгалтерасул хъулухъалде. Ва амма, жиндие щвараб гӏелмияб лъай мугъ рехун течӏо, гьабуна жиндаго лъалеб дуруслъизе ва халкъалъухъа щвараб халкъалъухъеги кьуна. Микьуда росулъ жиндирго рокъоб рагьана мадраса, байбихьана малъизе мутагӏилзабазда гӏелму. Батӏи-батӏиял соназ гьесухъ цӏалана жидер мунагьал чураял Эчедаса Идрис-хӏажи Исрапилов, Зехидаса Къурамухӏамад-хӏажи Рамазанов, Гъизляр шагьаралъул имам Сайидхӏусен, Хасавюрт шагьаралъул имам Яхӏия, Шамхалалдаса Пайзула, Комсомолецалдаса Хӏусенапанди, Шагьикь росдал имам Якъуп, Муцалаул росдал имам Мухӏамаданвар, Мокъокъ росулъа Ибрагьим ва Рамаев Ахӏмад, Силди росдал имам Исрапил, Лъондодаса Шагьрурамазан ва гӏемерал цогидалги.\nМисалалъе, Цӏумада районалъул Силди росулъа гӏолохъабазул 80 процент гьесухъ цӏаланин абуни, мекъи ккеларо. 2000 соналдаса нахъе анцӏго соналъ Махӏамадрасул-хӏажи хӏалтӏана Агъвали росдал имамлъун. Гьел соназ гьениб бана жанибго мадрасаги бугеб кӏудияб мажгит.\nЦӏалана гьесда цеве гьесул щуявго васги. Бищунго гӏелмуялда тӏадчӏей гьабуна гьесул вас Гӏалиасхӏабица. Цо нухалъ, харбида рукӏаго, дица мунагьал чураясда гьикъана, мун бищун вохараб щиб жо бугилан. Гьес дие жаваб кьуна, дидаго лъараб гӏелму гӏадамазухъе кьезе щвеялдасан вохулилан. Ва амма дие дагьабги цӏикӏараб рохел бугила, дир вас Гӏалиасхӏабица тӏубанго дида лъалеб гӏелму лъазабиялдаса, гӏарабазул улкабазде унги, гӏелму камил гьабиялдасаян тӏадеги жубана.\nХӏакъикъаталдаги, Гӏалиасхӏабил вахъана гӏараб лугъатги дурусго жинда лъалев, бергьарав гӏалимчи. Гьес къватӏире риччарал гӏараб граматикаялъул ва орфографиялъул тӏахьал хӏалтӏизарула чанги вузалда. Гьединалго тӏахьал гӏуцӏана ва къватӏире риччана Махӏамадрасул-хӏажицаги. Гьесул «Дивану Сагьадиюн» абураб тӏехьалда жанире рачун руго жинцаго ва цогидаз гӏараб мацӏалда хъварал асарал, шигӏраби, гӏалимзабаз цоцахъе хъварал кагътал ва гӏемерал цогидалги пайдаял жал.\nГӏалимзабаз хъвалел шигӏрабазда дун бахиллъула, щайгурелъул гӏараб мацӏ лъаялда бан, жидерго асаразулъ гӏараб рагӏабиги хӏалтӏизарун, цо батӏиябго чӏаголъи бачӏинабула.\nБуго Мухӏамадрасул-хӏажил «Тах-мис» абураб тӏехьги. Щиб жоха кколеб тахмис? «Тахмис» – гӏараб мацӏалдаса «щуйил» «щуйилаб» абураб магӏна бачӏуна. Тахмис буго гӏарабиязул шигӏрияталъе хасиятаб адабияталъул цо хасаб сверел. Цо пуланав авторас хъвараб шигӏру-назмуги босун, гьелъул жиб-жиб куплеталъул ахирисеб мухъги нахъе бахъун, цойгидав шагӏирас жиндирго рахъалдаса тӏаде жубала кӏиго мухъ, гьел цересел мухъазул магӏнаги хисизабичӏого, ай дагьабги магӏнаги гъварид гьабун.\nДагъистаналъул имам ва бергьарав гӏалимчи Хӏоцоса Нажмудиница хъвана, гӏарабазул улкабазда институтаздагун мадрасабазда жиб малъулеб «Азгьару-риваяту» абураб назму. Гьеб назмуялъе тахмис гьабуна Мухӏамадрасул Хӏамзатовас. Гьеб тахмис малъула гӏараб улкабазул цӏалул идарабазда, хӏатта Египеталъул ал-Азхар университеталдагицин. Имам Нажмудиницаго гӏадин, шигӏрабиги назмабиги хъвалаан гьесул вац Гӏабдулатӏипицаги. Гьел кӏиязулго асаразе къимат кьолаго, Сириялъул тӏадегӏанаб цӏалул идараялъул нухмалъулев, профессор Мухӏаммад Хӏабшица гьадин абуна: «Киналго гӏарабиязул улкабазул шагӏирзабиги данде ракӏарун, гьезул бергьаразе сайигъаталъе бакъ-моцӏ кьолеб бугони, Хӏоцоса Нажмудиние бакъ-моцӏги кьун, хутӏаразе цӏвабицин щоларо», — ян.\nГьединго Мухӏамадрасулица ракӏарун рукӏана Нажмудинилги Гӏабдулатӏипилги киналниги асарал ва гьез цоцазухъе хъварал кагътал. Гьелъул тӏехь дандеги гьабун, басмаялде бахъизе хӏадурулаго, гьоркьоб хутӏана.\nГьал къоязда Москваялдаса ба-чӏана рохалил хабарги, Москваялда бугеб Востоковедениялъул университеталда гӏараб мацӏалдаса гӏурус мацӏалде таржама гьабун буго Мухӏамадрасул-хӏажица Хӏоцоса Нажмудинил назмуялъе гьабураб тахмисалъул.\nРуго Мухӏамадрасул-хӏажица авар мацӏалда хъварал назмабиги. Гьединал назмаби жанире рачараб тӏехь къватӏибе бачӏана 2020 соналда.\nКъварилъи ккаразе хӏалай ватулев жамагӏатчи ва жамгӏияв хӏаракатчи, гьоркьоб кьал ккаразе маслихӏаталъе вахъунев, кӏудияб махщалида гьеб иш тӏубазабизе бажариги гьунарги кодосев, гӏелмуги гӏамалги рекъарав гӏалимчи хӏисабалда хутӏила гьев нилъер ракӏазулъ.\nАллагьас мунагьалги чурун, битӏараб нухда тӏовитӏун ватаги! Амин!\nХизри Махӏмудов,\nшагӏир,\nРФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член"}
{"slug": "23847-vatianalda-bugo-dir-raki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23847-vatianalda-bugo-dir-raki", "title": "«Ватӏаналда буго дир ракӏ»", "date": "2023-08-02 09:19:18", "categories": ["kaziyat"], "text": "Европаялда бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб, 12-13 миллионгӏанасев чияс гӏумру гьабулеб ва ахирал соназда кутакалда цебетӏолеб бугеб Москва шагьаралда, цо-цо баяназда рекъон, гӏумру гьабун вуго 100 азаргогӏанасев дагъистанияв. Гьезда гьоркьор руго политикалгун хъулухъчагӏи, машгьурал гӏалимзабигун спортсменал, бизнесчагӏи, студентал ва цогидалги. Гьезул гӏемерисел ккола берцинго тӏадаб ишги тӏубан, лъикӏаб цӏарги бортизе течӏого, къадруги цӏунун ругел гӏадамал. Гьединазул цояв ккола «КЭМЗ-Сервис» гӏуцӏиялъул директор, Цӏунтӏа районалъул Гьинухъ росулъа Хӏадисов Рамазанги. Москваялде щведал рес ккана гьевгун дандчӏвазе ва гьитӏинабго гара-чӏвари гьабизе.\n— Рамазан, мун гьавуна ва гӏуна гӏадатияб хъизамалда…\n— Битӏарабха. Нижер букӏана гӏадатиялдасаги гӏадатияб хъизан. Эмен вукӏана вехь, эбел – колхозчӏужу.\n— Гьитӏинаб мехалъ захӏматаб хӏалтӏи гӏемер гьабизе кканищ?\n— Хӏалтӏичӏого рес букӏинчӏо ва захӏматаб хӏалтӏиги гӏезегӏан гьабуна. Доб мехалда батӏайисан гьабизе ресги букӏунароан, хӏалтӏичӏес хӏанчӏулеб букӏинчӏелъул. Хӏадурулаан ва рокъобе баччулаан хер, тӏалаб гьабизе кколаан боцӏул, эменгун цадахъ унаан гӏияде. Хӏалтӏудаса эркенаб заманго гӏемер букӏанин абизе кӏоларо. Нагагьлъун рокъоб хӏалтӏи гьечӏого хутӏани, гьеб гьабизе ритӏулаан гӏагарлъиялъухъе, мадугьалзабахъе.\n— Цӏализе кинав вукӏарав?\n— Цӏализе цӏакъав вукӏинчӏо, амма рачӏчӏалтӏаги вукӏунароан. Вукӏана гьоркьохъеб бакӏалда. Техникиял предметал (физика, математика) цӏакъ рокьулаан дие. Гьезие лъикӏавги вукӏана. Гуманитариязулгун гьоркьоблъи дагьаб захӏматаб букӏана, гьел рокьизе байбихьана нахъа, ригьалде вахиндал. Хӏасил гьабун абуни, школа лъугӏана гьоркьохъел хӏасилалгун. Гьелдаса хадув дун лъугьана Пединституталъул физ-маталъул факультеталде. Гӏурус мацӏ лъаларого букӏиналъ (лъалароан магӏарул мацӏги) байбихьуда гӏезегӏан захӏматго букӏана. Бахъана яхӏ, дове-гьаниве кьуричӏого чӏана цӏалуда тӏад ва 2-3 курсазда бигьалъана кинабго, цӏалана лъидасаго нахъе ккечӏого, ункъил-щуйилазда. Институт лъугӏун хадуб ункъо соналъ хӏалтӏана нижерго районалъул Асахъ росдал школалда. Цинги (1990 сон) ниж гочана Гъизляралде ва хадусеб 10 соналъ батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏана КЭМЗ заводалда. Хадуб Приволжский округалда (Чебоксары шагьар) рагьана заводалъул вакиллъи, дунги витӏана гьениве, гьелъул нухмалъулевлъун. 2013 соналда Москваялда рагьана «КЭМЗ-Сервис» ва гьелдаса нахъе вуго гьанив.\n— Щиб хӏалтӏиха нужеца тӏубалеб?\n— «КЭМЗ-Сервис» рагьун букӏана, тӏоцебесеб иргаялда, рагъулабгун ва ракълилаб (для военных и гражданских самолетов) авиациялъе къваригӏунеб къайи-алат къачӏазе, къотӏи-къай гьабун Россиялъул самолетал къачӏалел заводазе, гьезул заказазда рекъон хӏалтӏи гьабизе. Гьединго дун вакил гьавун вукӏана КАМАЗ заводалъулгун бухьен гьабизе. КАМАЗалъул хӏакимзабазулгун дир бугеб бухьенги хӏалтӏизабун дица заводалъе тӏалаб гьаруна цӏиял заказал. КЭМЗгун рекъон КАМАЗ хӏалтӏулеб буго 20-гӏанасеб соналъ, концерналъул хӏалтӏиги гьелъул даражаги лъикӏ лъан, дозул гьелдехун буго цӏикӏкӏараб божилъи. КАМАЗалъул цӏиял тайпабазда гӏезегӏан хӏалтӏизарулаан къватӏисел пачалихъазул алатал. Санкциял лъазариялда хурхун гьоркьоб къотӏизабуна гьездалъун хьезари. Заводалъ нижехъе кьурал техникиял документазда рекъон, нижеца гьарула гьезул цо-цоял (хӏалтӏулел руго цогидал гьариялда тӏадги), ай тӏурала «импортозамещениялъул» суалал, масъалаби. Руго гьебго хӏалалда самолетазе къватӏире риччалел, къачӏалел алаталги.\n— Гьебго хӏалтӏи Гъизляралда гьабизе бегьуларищ?\n— Бегьула, амма Москваялда кинабго тӏубазе, гӏумруялде бахъинабизе рес букӏуна хехаб хӏалалда, заказазул киналго тӏалабал цӏунун. Нижеца ралагьарал заказал, хӏалтӏаби, гьанирго тӏуразе рес гьечӏел, нижеца ритӏула Гъизляралда бугеб заводалдеги, щайгурелъул гьениб къуватги сурсатги цӏикӏкӏун бугелъул.\n— Чан хӏалтӏухъан нужер вугев, ругищ хӏажатал специалистал, заманалда рекъараб техника-оборудование?\n— Буго кинабго хӏажатаб техника, гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏо. Нижер вуго 4-5 хӏалтӏухъан, ругел заказазда рекъон, гьарун къотӏи-къаялгун росула тӏадеги. Лъикӏаб махщел ва хӏалбихьи бугел специалистал щвей бигьаяб масъала гуро, амма нижеца гьединал ралагьула.\n— Гьаб даражаялде мун вахун вуго дурго бажари-лъаялдалъун. Кин кӏвараб, сунца квербакъараб?\n— Дида цебе буго эбел-инсул захӏматаб гӏумру-магӏишат, хъизамалъе хинкӏ-чед балагьизе дозда бихьараб гӏакъуба. Бокьун букӏинчӏо доздаги дидаги бихьараб мискинлъи-къварилъи дир лъималаздаги бихьизе. Гьединлъидал дица кутакаб яхӏ бахъана цӏализе, лъай тӏалаб гьабизе, дир мурад ва анищ букӏана лъаялдалъун цевехун ине. Батӏияб нух дие букӏинчӏо. Дие кумек гьабуна, квербакъана гьитӏинаб къоялдаса нахъего хӏалтӏул къимат лъалеб букӏиналъ.\n— Мун лъалез бицуна дур гӏаданлъиялъулгун гӏадатлъиялъул…\n— Дида кинго бичӏчӏуларо щай ва сундаса инсан чӏухӏизе кколевали. Дица гьеб гӏамал киданиги къабул гьабичӏо ва гьабуларо. Дир хасияталъулъ гьеб гьечӏо.\n— Гьезго бицана мун вугин кидаго кумекалъе ватулев, гӏагараб росдада кверчӏвалев чийилан абун.\n— Гьеб гьезда лъикӏ лъала, гьез гьединаб къимат дие кьолеб батани, гьел мекъи ругилан кин дица абилеб? Дидаго гьеб гӏезегӏан бихьун букӏиндал гӏемер лъикӏ лъала мискинлъиялъул къимат. Дур чвантинибе дагьабниги гӏарац баккидал, кӏочон тезе бегьуларо гьеб чӏобого букӏараб заманги, гьеб чӏобого бугел гӏадамалги. Гьединлъидал, кумек гьарун аскӏове вачӏарав чиясе дир рес-санагӏаталда рекъараб кумек гьабичӏого киданиги течӏо. Росдал гӏумруялъулъ гӏахьаллъиги, бажарараб кумек росдае ва росуцоязе гьабиги дица рикӏкӏуна тӏадаб налъилъун.\n— Дагъистаналде, Гьинухъе гӏемер щолищ, дуда бихьулеб хиса-свери бугин кколищ доба?\n— Дун гьитӏинаб мехалъул Гьинухъги гьабсагӏаталда бугебги данде босани, гьеб буго «зобги ракьгигӏан батӏияб». Цӏилъулеб, лъикӏлъулеб буго росу, ресалда руго росуцоял, лъикӏлъулел руго шартӏал. Махӏачхъалаги хисун, берцинлъун буго, гьедин букӏин загьирго бихьула. Амма бокьилаан цоги лъикӏал шагьараздаго гӏадин гьабулеб-толелъулъ Махӏачхъалаялдаги дагьаб жавабчилъи, гӏадлу-низам букӏинабизе, архитектурияб сипаталъулги цо чӏезабураб низам-къагӏида гьабизе.\n— Дуца бан буго 60 сон. Хадусеб гӏумру-магӏишат Москваялдагойищ букӏине бугеб яги Дагъистаналде тӏадвуссинейищ ракӏалда бугеб?\n— Живго рикӏкӏалъарабгӏан ракӏ гӏагарлъулин, цӏикӏкӏун цӏалин Ватӏаналде абун гӏадада гурелъул абулеб, дирги буго гьединго. Дагъистаналдаса дун киданиги тӏечӏо, тӏезеги гьечӏо, лъагӏалида жанив чанго нухалъ щола, хӏалтӏул суалазда хурхунги дирго мурадаздаги. КЭМЗ концерналъул генералияв директор Ахӏматӏовасда кӏвана биххизе, чӏунтизе течӏого заводги заводалъул коллективги цӏунизе, гьеб цебетӏеялъе ресалги сурсаталги ратизе. Гьесул гӏадинаб бажари-гьунар бугев, гьев гӏадинав гӏуцӏарухъан гӏемер ватиларо республикаялда. Дунги кутакалда вохарав вуго гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏемераб заманалда хӏалтӏулев вукӏиналдаса. Доба, Гъизляралда, буго дир мина-рукъ, дора рукъун руго дир эбел-эмен, дове гурого тӏокӏав киве дунги вуссинев…\nГӏабаш Гӏабашилов\nЩвараб хӏехьезеги яхӏ къваригӏуна\nАссалам гӏалайкум, Рамазан-хӏажи,\nГьинухъел чӏухӏарав цӏунтӏадерил вас.\nГӏагарлъиялъе мун — мугъчӏвалеб «кьуру»,\nИбрагьим-хӏажилги «кваранаб квер» мун.\nБакъуца ракьалъе хинлъи киниги,\nГӏадамазе дуца бикьула лъикӏлъи.\nРогьалилъ баккулеб бакъул чӏор гӏадин,\nКумек дурги щола хӏажалъаразе.\nГӏадатав, гӏакъилав, гӏумру бичӏчӏарав,\nГӏаданлъи кӏудияв, гӏамал гьитӏинав,\nЧӏухӏи рекӏелъ гьечӏев ритӏухъав инсан,\nАллагьас дуй кьеги халатаб гӏумру.\nЗахӏмат баччун хадуб бигьалъи щола,\nЩвараб хӏехьезеги яхӏ къваригӏуна.\nУргъел рикӏкӏалъаги рохел цӏикӏкӏаги,\nРахӏманас цӏунаги балагьаздаса.\nМухӏаммад ГЪАЗИМУХӏАММАДОВ,\nУнсоколо район, Балахьуни росу"}
{"slug": "23848-giagarab-rakal-ukh-giishchk-u-bergarav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23848-giagarab-rakal-ukh-giishchk-u-bergarav", "title": "Гӏагараб ракьалъухъ гӏищкъу бергьарав", "date": "2023-08-02 09:21:18", "categories": ["kaziyat"], "text": "«Хӏакъикъат» газеталъул 28-абилеб номералда бахъараб Мухӏамад Гӏабдулхабировасул хӏакъалъулъ хъвараб макъала батидал, дидаги ракӏалде ккана гьесул хӏакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе. Гӏурабго заман буго дир гьесулгун лъай-хъвай ккаралдаса. Ва щибаб дандчӏваялъ дие рагьула цӏи-цӏияв Гӏабдулхабиров.\nМоскваялда гӏумру гьабун вугев тохтур, Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквариса Мухӏамад Гӏабдулхабиров лъаларев чи ватиларо Дагъистаналда. Лъала гьев, тохтур хӏисабалда гуревги, лъикӏав инсан гӏадинги. Сундулъха бугеб гьев магӏаруласул лъикӏлъи? Гьеб бичӏчӏула, цо щуго минуталъ гьесухъ гӏенекканигицин. Унго-унголъунги вугевдай цоги инсан, гьесие гӏадин, вижараб ракь бокьулев? Рикӏкӏада Москваялдасан гьесул пикраби роржунел ратила цӏумазул улкайилан цӏар тараб гӏараб районалде. Ва гьелъул мугӏрузул тӏавапги гьабун, гьел жеги щолел ратила лъимерлъиялъулги гӏолохъанлъиялъулги тахлъун, гъанситолъун жиндие бугеб гӏагараб Гъоркьа Гьаквариб росдал годекӏанире…\nЧанго нухалда щвана дунги, Мухӏамадгун цадахъ, гьесул ватӏаналде. Ва чанго нухалда рихьана гьев хӏикматав инсанасул ракӏалдещвеязул гьулчун рачӏунел карачелабазул къатӏраби.\nГьесул пикрабазулъ ва анищазулъ даим хӏайранаблъун бугеб росулъе тира-сверизе къва-тӏире рахъана ниж. Ва гьале доб Мухӏамадил пикрабаз ва анищаз рещтӏен гьабулеб алжан. Гьале Мухӏамад чанги сверарал росдал къватӏал. Гьале рорхатал мугӏрул, мугӏрузул ахалъудасан, къад къоялъе саламги кьолаго, къаси сордоялъе аххги бачунаго, чвахун унеб лъар. Гьаб лъарал чилиялдасанги, рорхатал мугӏрузул тӏогьаздасанги, тӏогьазда тӏавап гьабулел пахруял цӏумазул рорженалдасанги байбихьула гьесие Ватӏан.\nГьале гӏалимчиясул рокьи ккараб гӏагараб ракь. Гьаб росдал тарих лъазе ккани, росдал годекӏанире щвани гӏола — гьанир Мухӏамадил жигаралдалъун рагьарал музей-памятниказ бицуна росдал щибаб ганчӏилцин къиса. Гьаб нухалдайин абуни гьес гьениб рагьана тӏохьое бараб памятникги. Гьелда цебеги — росдал къисмат хъвараб чанго памятник.\n— Жакъа тӏолабго инсанияталъул хвасарлъи буго гӏакъилаб тӏохьолъ. Гьединаб тӏехьалъ малъула гӏакълу, кьола гӏумруялъул дарсал. Гьединлъидал нилъеца бачӏунеб гӏел куцазе ккола сахал тӏахьазул кьучӏалда. Хӏаракат бахъизе ккола тӏахьазде гьезул рокьи куцазе. Ватӏаналъул букӏинеселъул кӏул кодосел гӏолилазда жакъа бичӏчӏизабизе ккола тӏохьол къуват, — илан абула гьес.\nМоскваялда вугониги, гьесул ракӏ даим хутӏана мугӏрузда. Росдаде бугеб гӏищкъу гьес бикьула жиндирго хъвай-хъвагӏаязде, анищал гьурщула макъалабазде.\nЦоги, дида цӏакъго берцин бихьулеб гӏа-мал-хасиятги буго Мухӏамадил. Санайил, отпускаялъул заманалда, гьев вачӏуна Дагъистаналде. Ракӏ кигӏанго гӏагараб росулъе гӏе-дегӏаниги, гьев цин тахшаралда дандчӏвала бищунго жиндие гӏагараллъун лъугьарал гьудулзабигун. Гьенибги бицуна Дагъистаналъул, гьелъул гӏузрабазул.\nМухӏамадие цӏакъ бокьула Хӏамзатил Расулил творчествоги. Гьесда жиндагоги гӏезегӏан лъикӏ лъалаан шагӏир. Гьал къояздайин абуни къватӏибе бачӏана Расулил хӏакъалъулъ хъварал макъалабаздасан гьес данде гьабураб тӏехь.\nГьединав вуго гӏагараб ракьалъухъ гӏищкъу бергьарав, лъикӏав инсан, махщел камилав тохтур, гӏалимчи, нилъер Мухӏамад Гӏабдулхабиров.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "23849-rakikhveyal-gi-zhakhidayal-gi-untizavula-insan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23849-rakikhveyal-gi-zhakhidayal-gi-untizavula-insan", "title": "Ракӏхвеялъги жахӏдаялъги унтизавула инсан", "date": "2023-08-02 09:22:39", "categories": ["kaziyat"], "text": "Цебего бицунеб рагӏун букӏана хурдузул «мацӏги лъалей», щивав унтарасул хасияталда рекъараб дарманги тӏаса бищун бажарулей фитотерапевтлъун рикӏкӏуней Гъуниб районалъул Хьиндахъ росулъа Марям Муртузагӏалиевалъул хӏакъалъулъ. Онкологиял унтаби сах гьариялъулъ хурдул хӏалтӏизариялъул хӏакъалъулъ докладгун гьей цее яхъана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосел съездазда. Жиндирго ригьалъухъ балагьичӏого гьей цӏалана РУДНалъул фитотерапиялъул курсаздаги. 70 сонил ригьалде яхарай, гӏажаибай магӏарулалъул гӏумруялъулъ халкъияб медицинаялъ кидаго гуро бакӏ ккун букӏараб. Хурдуздалъун гӏадамал сах гьаризе гьелъ байбихьана 20 соналъ цебе. Гьеб букӏана Марямил гӏумруго хисараб, захӏматаб заман. Гӏадамал сах гьаризе тохлъукьего бижараб гьунаралъул, халкъияб медицинаялда мукӏур гьаризе кӏолел унтабазул ва жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана нижергун ккараб гара-чӏвариялда М. Муртузагӏалиевалъ.\n— Марям, гӏадамал сах гьаризе махщел кин духъе щвараб?\n— Рак унтиги ккун больницаялда йикӏана дун. Сахлъиялде хьулго букӏинчӏей дир, операциялдаса хадуб, гӏадалнах тӏубанго батӏияб къагӏидаялъ хӏалтӏизе байбихьана. Хӏухьелги ракӏги чӏун, лъавуде ячӏунарого хутӏарай дир гӏакълуялъулъ хиса-басиял ккана. Дида бичӏчӏулеб букӏинчӏо сверухъ щиб кколеб бугебали. Дир гӏадалнах дунгун «кӏалъазе байбихьана». Гьелдаса хадуб дида гӏадамазул унтабиги ричӏчӏизе лъугьана. Сахлъиялъухъ балагьун инсанасул гӏумру халатаб букӏине бугищали бичӏчӏула дида. Масала, бокьарав чиясул кверазухъ ва гьурмахъ балагьун бичӏчӏула гьесул гӏумру халатаб букӏине бугищали. Гьесул унтуда данде къеркьезе кигӏанасеб заман кьун бугебали лъазе кӏола. Амма унтарасухъ балагьун, гьесул хӏакъалъулъ дида лъалеб жоялда рекъон дица дару гьабуларо. Дихъе кумек гьарун вачӏарав чиясул кинаб унти бугебали бичӏчӏаниги, дица гьев витӏула гьеб рахъалъул тохтурасухъе. Дида лъалеб жо гӏадатияб медицинаялъги битӏараблъун бихьизабун хадуб хъвала дица унтарасе дандекколел хурдул. Тохтурас гьабураб цӏех-рехги, дида бихьараб унтиги кидаго цого батула.\n— Фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосеб съездалде кин ккарай?\n— 12 соналъ цебе дица сах гьавуна онкологиялъ унтун вукӏарав Пачалихъияб Думаялъул цо депутат. Гьесул гьуърузулъ букӏана рак. Германиялда гьесда абун буго цояб гьуэр къотӏизе кколин абун. Гьев разилъун гьечӏо. Дагъистаналда пуланай гӏаданалъ онкологиялъ унтарал сах гьарулел ругин рагӏун, дихъе вачӏана. Кӏиго соналда жаниб сах гьавуна дица гьев. Гьелдаса хадуб дун Москваялде ахӏулей йикӏана гьес, тохтурлъун цӏализе. Депутатасги гьесул гьалмагъзабазги абулеб букӏана дида институталда цӏализе лъелин. Дун разилъичӏо. Гьанже херлъидал дие гьеб щайин абун тана.\nХадуйги гьез дун ахӏана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосеб съездалда гӏахьаллъизе. Дир гӏакълуялъги гӏадалнахалъги гьебжо бачӏинахъего къабулги гьабуна. Съездалда докладгун цее яхъана дун. Руччабазул органазул, гьуърузул онкология, гемангиома (кӏудияб гӏолеб) унти ва цогидалги квешал унтаби хурдуздалъун сах гьарулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ бицана дица гьениб. Кинавниги 150 фитотерапевт гӏахьаллъана гьеб съездалда. Гьелдаса нахъе дун фитотерапевтазул ассоциациялда гьоркьойги йиго. Гӏахьаллъула съездаздаги. Дун тӏоцее гӏахьаллъараб съездалдаса хадуб къватӏибе биччараб тӏехьалда дир докладги буго кьун. Амма гьеб тӏехь бичизе ва халкъалда гьоркьоб тӏибитӏизабизе бегьуларо. Гьеб ккола съездалъул гӏахьалчагӏазул хасаб буголъи.\n— Гӏадамазе дару гьабизе ихтияр бугищ духъ? Щиб абулеб дур пишаялда гӏадатияб медицинаялъ?\n— Дица хурдуздалъун гӏадамазе дару гьабизе байбихьараб мехалда гӏемерисел дихъ божилъи гьечӏого ралагьулаан. Гьанже цо-цо тохтурзабигицин рачӏуна дихъе хӏажатаб даруяб хер босизе. Гьезда бихьулеб бугелъул дица гьезул пациентазе кумек гьабулеб букӏин. Гьуърузул туберкулёма ва цогидал онкологиял унтабазе дару гьабиялъул къагӏидаялъул патент босана дихъа чанго соналъ цебеккун Америкаялъул фитотерапиялъул компаниялъ. Гьединго дир къагӏидаялъул хӏакъалъулъ цӏехон, гьеб бичеян абун вачӏун вукӏана Индонезиялдаса целитель. Гӏизраилалдаса гӏалимчи, фитотерапевтас босана руччабазул лугбазул эндометрия сах гьабиялъул къагӏида. Гьел къагӏидаби дицаго хӏалтӏизаризе бегьула, амма гӏадамазда гьоркьоб тӏиритӏизаризе бегьуларо, дица гьел чияе ричаралъул.\nХалкъияб медицина гьабизе байбихьизе бегьула химиялъул анлъго курс гьабун хадуб. Гьеб мехалда халкъиялъ гӏадатиялъе кумек гьабула. Гӏадатиялдаса батӏа гьабуларо халкъияб медицина. Гьедин гьабизе лъикӏабги гьечӏо. Инсанасул гӏумруялъул жаваб кьезе ккезе бугелъул хадуб дица. Фитотерапиядай яги гӏадатияб медицинадай тӏаса бищилаян васвасдулев чиги тохтурасухъе витӏула. Гьединлъидал дихъе рачӏарал унтаразул 50 процент гӏадатияб медицинаялдаса пайда босизе уна. Дида гьеб къагӏида лъикӏаблъунги бихьула.\n— Дур умумузда гьоркьор ру-кӏанищ халкъияб медицинаялъул махщелчагӏи?\n— Рукӏинчӏо. Дир кӏиго яс йиго. Кӏудияй психолог, гьитӏинай художник. Кӏудиялда лъала дир махщел, кумек гьабула, кинаб хер щиб унтуе дандекколебали лъала. Психологияб лъай гьечӏого гьаб хӏалтӏи гьабун киназухъаго гуро бажарулеб. Тӏубараб къоялъ дихъе 20 унтарав вачӏани, гьезда гьоркьор цӏикӏкӏарасел васвасдулел рукӏуна. Гӏемер дандчӏвала нилъер энергия бахъулел (энергетические вампиры) гӏадамал. Гьезда рекъон кӏалъани, къасиялде тамахлъун ккола. Гьединал гӏадамал жидерго кинабго захӏмалъиги диде гьурщун уна. Гьез жидерго бетӏер бакӏал пикрабаздаса эркен гьабула. Унтарасулгун гара-чӏвари — гьеб буго бищунго захӏматаб хӏалтӏи. Дихъе рачӏуна сахлъилин хьул къотӏарал. Гьединал гӏадамазе битӏараб гӏакълу кьезе, гьезда гьоркьоса щив къабул гьавилевали, лъие инкар гьабилебали хӏукму гьабизе ккола. Гьениб кидаго психологияб лъаялъ кумек гьабула. Дун цееса ун хадуб, ясалъ гьаб махщел бокьани тӏаса бищила, бокьани психологлъун хӏалтӏулей йикӏина.\n— Гӏадамал сах гьаризе байби-хьизегӏан щиб хӏалтӏи-пишаялда мун йикӏарай?\n— Гӏолохъанаб мехалда чанго батӏияб махщалие цӏалана. 20 соналъ хӏалтӏана прораблъун. Тӏасияб Гъуниб кӏудияй экономистлъун, инженер-сметчиклъун хӏалтӏана. 25 соналъ юкъарана. Гьеб буго дие цӏакъ бокьулеб махщел. Гьабсагӏат тӏад бугеб гурдеги дицаго букъараб буго. Чияр квералъ букъараб ретӏел дида рекъоларо, данде кколаро. Махщелазде хехго ругьунлъула дун, гьитӏинаб къоялдаса нахъе цогидазул кумек гьечӏого гӏумру гьабизе ругьунай йикӏиналъ.\nКӏиго сон барай яс йикӏана дун, эбел-эменги ратӏалъун кӏодохъ хутӏидал. Дица эбел-инсуда гӏайиб гьабуларо. Баркала буго гьезие дие гӏумру кьуралъухъ. Дун гьадинай гьаюралъухъ. Баркала буго бесдал эбелалъеги дир тӏалаб гьабуралъухъ. Бигьаяб жо батиларо чияр лъимадул ретӏел чурун, квен кьун, хъулухъ гьабизе.\n— Кинал унтабигун рачӏунел духъе гӏадамал?\n— Улкаялъулго батӏи-батӏиял регионаздаса унтарал рачӏуна дихъе. Аслияб къагӏидаялъ рикӏкӏадаса рачӏуна онкологиялъ унтарал гӏадамал. Цунтрузда данде хурдул росизе рачӏуна. Гьединго организм бацӏцӏад гьабизеян рачӏуна. Бокьараб гӏузруялъе дару буго дунялалда бижун. Гьелъул пайда щвеян абуни, инсанасул гӏакълуялда къимат кьезе кӏолареб психикияб хӏалалда бараб буго. Онкологиялъул буго 72 тайпа. Гьеб сах гьабизеги кӏола. Гьеб унтукьа ворчӏизе кӏолищ яги кӏоларищ гьесдаяли живго унтарасда бараб буго.\nXХӀ гӏасруялъул гӏадамал психологияб рахъалъ хӏадурлъи бугеллъун, цӏуна-къараллъун рукӏине ккола. Дунял хисун буго. Унтабиги советияб заманаде дандеккун 50 проценталъ цӏикӏкӏун руго. 15 соналъ цебе онкологияб клиникаялде щведал лъабго-ункъо бакӏ гурони букӏунароан иргаялда чӏарал кӏусизе. Гьанжеян абуни иргаялда чӏаразул читӏир рагьу тун къватӏибецин щун букӏуна.\n— Унтаби цӏикӏкӏиналъе гӏилла-лъун щиб дуца рикӏкӏунеб?\n— Инсанасул гӏумру берда цебе хисулеб буго. Сахлъиялъе заралияб техника цӏикӏкӏун буго. Квен хашлъулеб буго. Цунтрулги 20 нухалъ цӏикӏкӏун руго инсанасул чорхолъ. Гьанже нилъеца хӏалтӏизабулеб квен, нилъеялдаса цунтрузе пайдаяблъун ккола. Гӏадамазда ракӏ хварал, барщун чӏарал, жахӏда рекӏелъ бугел гӏадамал цӏикӏкӏун унтула. Гьединлъидал дица унтаразда абула киданиги цоцазда ракӏхвезе, цебе букӏараб ракӏбакъвай ракӏалде щвезабизе бегьуларин. Гӏумру къокълъизе ва унтизе бокьани, цебе аралъул ургъел гьабе, ракӏхун рукӏа.\nНагагь дихъе цогидазда хехго ракӏхолев, къварилъахъдулев чи вачӏани дица гьесда абула, ццидал къвачӏаялъул ва ургьисалабазул хал гьабеян. Жахӏдаяв ва ракӏхолев чиясул чорхолъ ганчӏал ратизе рес буго. Гьеб хӏалалда кидаго вукӏунев чиясул сфинктер къала ва ццин чӏун хутӏула. Хадуб гьеб ганчӏазде яги салуде буссуна.\nГӏадамасда ракӏхун йикӏунаро дун. Кинавго чиясул гӏамал ва гӏадалнах цого букӏунаро. Дие квешлъи гьабураздасагицин тӏаса лъугьаянги абула, амма хӏаракат бахъула гьездаса рикӏкӏад чӏезе. Цогидазда ццим бахъинчӏого, нилъерго хасияталда тӏад хӏалтӏизе ккола. Нилъ лъицаго къварид гьаруларо, нилъецаго гьезие гьеб ихтияр кьун хадуб гурони. Цогидав чиясул хасиятги, гӏумру гьабиялъул къагӏидаги, дунялалдехун бугеб бербалагьиги хисизабун нилъехъа бажаруларо. Гьелъул гӏаксалда, нилъерго хасият хисизабизе ккола.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "23850-vatian-vatianilan-akhiarabila-khianchiitsagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23850-vatian-vatianilan-akhiarabila-khianchiitsagi", "title": "Ватӏан-Ватӏанилан ахӏарабила хӏанчӏицаги", "date": "2023-08-02 09:23:41", "categories": ["kaziyat"], "text": "Туризм — Дагъистаналда\nТуризм буго гьабсагӏаталда Да-гъистаналда бищунго бицунеб, цебетӏезабулеб бугеб экономикаялъул бутӏа. Номералдаса номералде хъвалебги бицунебги бугониги, гьеб буго гьабсагӏаталда бищунго кӏвар кьолеб тема. Лъагӏалил байбихьудаго бицунеб букӏараб куцалда, цересел соназде дандеккун исана Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадарги цӏикӏкӏана, жеги цӏикӏкӏунебги буго.\n2023 соналъул январь-июнь моцӏазда Дагъистаналде вачӏун вуго 745 азарго турист. Араб соналде дандеккун, гьеб 10 проценталъ цӏикӏкӏун бугин абулеб буго ДРялъул хӏукуматалъ. Туристал цӏикӏкӏиналъе гӏилла бугин авиарейсал цӏикӏкӏин ва цӏи-цӏиял самолеталъул мухъал рагьийин абулеб буго ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслазул министерствоялъул нухмалъулев Эмин Мердановас.\nТуристазул къадарги гьездаса бахунеб хайирги бихьарабго, нилъер гӏадамалги ругьунлъулел руго дагь-дагьккун шартӏал чӏезаризе. (Амма нилъеразе бачӏинахъего цӏикӏкӏун бокьулеблъи лъалеб жо буго, гьединлъидал багьабиги зодоре рахинарулел ругел).\nТуристал цӏикӏкӏиналда цадахъ цӏикӏкӏинарищ гьел рещтӏиналъе ралел бакӏалги, кваназе кафеялги, гьанире доре раччизе транспортги. Гьеб кинабго ккола нилъер гӏадамазул чванта биццалъиялъе санагӏатаб шартӏ.\nТуристазул гӏемерлъиялъ цо-цо бакӏазда бугеб хӏалкъай бихьарабго, гьаб сапаралдаса разилъанадай гьелин ккола ракӏалде. Масала, дагьал церегӏан къоязда Дербенталда бугеб кьода рахъарал видео-съемкаби рихьараб мехалда гӏадамазе ине нухцин гьечӏоан. Нилъер республикаялде рачӏун ругелъул, гьезул лъикӏал пикрабазги, гьабураб асаралъги нилъее пайда гурони кьеларо. Дагъистаналда ругел берциналщинал бакӏазул маршруталги, жидерго сураталги, бихьаралъул хӏакъалъулъ пикрабиги рукӏуна социалиял гьиназда хъван. Цересел соназде дандеккун, исана гӏемерисел комментариял рукӏана дагъистаналъул гӏадамалги гьезул гьоболлъиги, бихьараб берцинаб тӏабигӏаталъулги лъикӏаб рахъалдасан хъварал. Гьединал комментариял рихьаралго ракӏ бохизе бачӏуна, гӏарцул гурони, гӏаданлъиялъул ургъел бугелги камун гьечӏолъи бихьула.\nГьел гьанире рачӏиндал батилин ккола, республика бахун къватӏирехун нилъерал инеги цӏикӏкӏун байбихьараб.\nКисловодскиялъул бацӏцӏадаб гьава\nРии буго киназего хӏалтӏудаса хӏухьбахъи гьабизеги бокьулеб,\nбацӏцӏадаб гьава цӏузе тӏабигӏа-талдеги, ралъдахъеги гӏадамал цӏикӏкӏун хьвадулеб заман.\nГьале лъабабилеб соналъ тӏатӏала сапаралъ рахъана ниж Ставрополь краялъул курортазулал шагьаразде. Кавказалъул Минералиял лъиназул курортазда гьоркьоб Кисловодск буго бищун киназдаго лъалеб, рагӏараб, берцинаб тӏабигӏаталъул, багӏарараб мехалдаги гьогьомараб гьаваялъул шагьар. Кисловодск гурониги, Пятигорск, Железноводск, Ессентукиги руго гӏурччинлъи гӏемерал шагьарал, амма дида бихьараб бакӏалдаса гӏебеде бищунго цӏикӏкӏун туристал рачӏунел руго Кисловодскиялде. Цохӏо миллияб паркалъул хӏисаб гьабуни, 965 га гӏурччинлъиялъ, батӏи-батӏиял гъутӏбуз бацараб рохьосан унаго букӏунеб бигьалъи гьава цӏазеги, беразе рахӏатги, рекӏее парахалъиги.\nСанаториязгун курортаз цӏураб\nшагьаралда, кирехун аниги, кире щваниги кинабго буго хӏухьба-хъулезе лъикӏал шартӏалги ресалги чӏезарураб.\nГьел курортазул шагьаразул берцинлъи, бицинчӏониги гӏеме-рисезда бихьун батила, амма цо нухалда щварав чиясе тӏад-тӏадвуссунги ине бокьула гьенире гӏурччинлъиялъулги минералиял лъиназулги гӏемерлъиялъ.\nКисловодскиялда бугеб Курорталъулаб бульваралда тирулеб мехалда ракӏалде ккана, Дагъистаналде туристал рачӏун, гьенир ругел киналго гӏадамал Кисловодскиялда рещтӏун ратилин. Гьедигӏанги гӏемерал нилъер республикаялдаса гӏадамал рукӏана цохӏо гьеб шагьаралда.\nРакӏ бохизабулеб хӏужа букӏана, ниж Дагъистаналдаса рукӏин лъайгун, лъикӏал гӏадамал ругин, нужерги берцинаб тӏабигӏатги, ралъадги, мугӏрулги ругин, нужги щиб бихьизе Дагъистаналдаса рачӏунелин абулел гӏадамал камулел рукӏинчӏолъи.\nБагьаби\nКурортазул шагьаразда санаториязде, курортазде путевкабазухъ балагьани — 30-50 азарго гъурущ буго 10 къоялъ хӏухьбахъигун сахлъиялъул хӏал лъикӏлъизабиялъе. Хаслихъе, хасало дагьал учузго щвезеги рес буго путевкаби. Амма санатариязде инчӏого, сахлъиялъе лъим гьекъезе хьвадулел, ваннабазде унелги камуларо. Киналго рукӏуна минералиял лъиназул источниказдаса пайда босулел.\nБагьабазул хӏисаб гьабуни, Кисловодскиялда шагьар бакьулъ бугеб кӏиго рукъалъулаб квартираялъухъ 2500-3500 гъурущ босулеб батани, Дагъистаналда квартирабазухъ босулеб гӏарацги гӏадамал квартирабаздаса къватӏире къотӏиги киназдаго рагӏараб, лъалеб жо буго. Нигӏматазул, пихъил багьабазухъ балагьани, гьел нилъер гьаниялдаса дагьал хираго руго.\nНилъер гьаниб курак, алча, гиригара, малина некӏого барщун, гьелъул сезон лъугӏулеб буго, гьел шагьараздайин абуни гьел гьанжего гьанже барщулел руго.\nГаз-бензин цо-кӏиго гъурущалъ учуз буго.\nГьанжесеб «мода»\nГьаб кӏиго-лъабго соналъ лъалаго цӏикӏкӏаниги, цересел соназдаги рукӏана нилъехъе рачӏунел гьалбал. Бищунго Дагъистаналде туристал рачӏиналъе квербакъи гьабунин «ковидалъин» абизе бегьула. Цогидал улкабазде ине щоларого, гьел соназда байбихьана дагь-дагьккун туристаз нилъер рахъ тӏаса бищизе.\nРукӏана сонал, щалниги цоги улкаялде ани, киназго бицунеб, интересалда гьезухъ гӏенеккулеб. Амма жакъа лъицаго гӏажаиблъи гьабуларо щив ватаниги Турциялде, Дубаялде, Египеталде анин абун рагӏидал. Хасго щивав блогер, инстаграмалъул «цӏваби» щвечӏеб улка-ракь хутӏун батиларо.\nЦебе кив щив аниги, жиндаго лъан хутӏулеб букӏараб батани, гьанже бахъа-бахъараб гали, щвараб бакӏ, лъикӏаб-квешаб — кинабго нилъеда бихьулеб буго интернеталдасан, социалиял гьиназдасан. Цо рахъалъ гьеб лъикӏ буго, щайгурелъул лъачӏеб лъазеги, бихьичӏеб бихьизеги, цоцазе цӏияб лъикӏаб информация бикьизеги гьелъ квербакъула.\nЦоги рахъ босани, бихьизаби-чӏониги бегьулеб, гӏадамал суризарулебги къватӏиб чӏвазабизе ругьунлъун руго гӏадамал.\nХасго Дагъистаналда гӏадатлъун лъугьун буго туристазул шортазулги, гьаниб-доба хъалиян бухӏиялъулги, бихьа-таралъулги бицине.\nРачӏаха, туристалги, гьез бачӏу-неб хайирги бокьулел чагӏаз, гьезул квешал рахъалги къватӏир чӏвазаричӏого, нилъерго мисалалдалъун, берцинго, квеш бихьуларедухъ абизе, гьезда Дагъистаналъул гӏадамазул гьоболлъиги лъикӏал рахъалги рихьизаризе.\nЦоги-цогидал шагьараздеги республикабаздеги щвараб мехалда бихьула нилъеда нилъерго ватӏаналъул ва ракьалъул берцинлъи. Гьез гӏадин пайда босани, къачӏани, дагьалищ ругел нилъерги даруял лъиназул иццалги, бацӏцӏадаб гьаваялъул рохьалги.\nПатӏимат Мухӏамаева"}
{"slug": "23852-zhak-aseb-k-oyal-ukh-balagun-k-imat-keze-begularo-tsebeseb-tarikhal-e", "url": "https://hakikat.info/?nationals=23852-zhak-aseb-k-oyal-ukh-balagun-k-imat-keze-begularo-tsebeseb-tarikhal-e", "title": "Жакъасеб къоялъухъ балагьун къимат кьезе бегьуларо цебесеб тарихалъе", "date": "2023-08-02 09:31:24", "categories": ["kaziyat"], "text": "Ахирал соназ гӏемер бицунеб буго ХӀX гӏасруялда Кавказалъул магӏарулаз эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло гьабулеб букӏараб къеркьеялъул, имам Шамилил, Имамат пачалихъалъул хӏакъалъулъ. Тарих лъаларезги, лъалин чӏаразги, гӏелмиял цӏарал ругезул цо-цоязги хӏаракат бахъулеб буго хӏакъикъаталдаса батӏияб «къимат» кьезе халкъияб къеркьеялъе. Бичӏчӏизе ккола, жакъасеб къоялда рекъон къимат кьезе бегьулареблъи цебесеб тарихалъе.\nНилъер тарих балъаргъине лъугьарал цо-цо «гьалмагъзабаз» щибго магӏна-гӏин гьечӏел форумазда, данделъабазда бицунеб гӏахьучӏалъул гӏемер рехсей гьабиларо. Амма рехсела цо мисал. Масала, исана 16-абилеб марталда ДГУялда тӏобитӏана имам Шамилил цӏар кьураб халкъазда гьоркьосебин абулеб форум.\nРехселин гьеб форумалда къабул гьабураб резолюциялъул тӏоцебесеб пункталдаса мухъал: «Национальный герой имам Шамиль… стал одним из основоположником современного многонационального Российского государства». Гьалъул магӏна щиб? Гӏурус мацӏалъ абуни, абсурд. Гьединлъидал, мекъал, кьучӏ гьечӏел баянал, харбал тӏиритӏизарулел гӏемерлъун рукӏиналъ, нижеца гара-чӏвари гьабуна Дагъистаналъул тарихалъул, хасго ХӀX гӏасруялда букӏараб магӏарулазул къеркьеялъул хӏакъалъулъ хъвараб лъебергогӏан тӏехьалъул автор, машгьурав гӏалимчи, тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Хӏажимурад Доногъолгун.\nСундулъго къваригӏуна\nмухӏканлъи\n— Хӏажимурад, щай ахираб за-маналда Кавказалъул рагъда, имам Шамилида хурхун социалиял гьиназдаги жамгӏияталдаги гьал бахӏсал, харбал гӏемерлъулел ругел?\n— Дагъистаналъул машгьурав тарихчи, кавказовед, профессор Расул Мухӏамадовас хъвана «Большая личность будоражит умы людей на напряженных этапах общества», — абун. Гьелъги батилаха, гьаб хӏалуцараб XХӀ гӏасруялъул байбихьуда имам Шамилидеги гьесул къеркьеялдеги кӏвар буссунеб бугеб. Халкъалъ цебесеб тарихалде кӏвар кьей лъикӏаб иш буго. Квеш ккараб жо буго, тарихалъе мекъаб къимат кьолеб къапилаялда гьоркьор тарихалъул гӏелмуялъул рахъалъ жагьилал гӏадамал гурелги, гӏелмиял цӏарал ругел цо-цо тарихчагӏи ратиги.\nСоциалиял гьиназда цоцазде «хӏапдолел» рукӏинчӏого, чӏаха цо столалда нахъа, рихьизаре хӏужаби, архивалъул документал. Архивазул документазулги мухӏканаб анализ гьабизе ккола. Пачаясул офицерзабаз, доб заманалъул тарихчагӏаз хъварал документазул киналго гуро ритӏухъал, кьочӏое росизе бегьулел рукӏунел. Гьел рукӏуна жидедего цӏарал, дандиял гӏодорегӏан гьарулел.\nДандекквезе ккола нилъер бакӏалъулал чагӏаз, доб рагъул гӏахьалчагӏаз ва нугӏзаз хъваралде, гьездаса хадусеб гӏелалъ хъваралде.\nКинабго мухӏканго цӏехон, тарихияб гъалатӏ биччачӏого хъвазе ккола. Щайин абуни, гӏадатияб заманалъулги, гӏадатияв чиясулги хӏакъалъулъ гурелъул бицунебги хъвалебги бугеб.\nШамил асир гьавичӏо\n— Гъуниб магӏарда Шамил асир гьавунищ ялъуни гара-чӏвариязде вачӏарав чийищ ккурав? Гьеб суалалда сверухъги руго бахӏсал. Тарихчи, шамиловед хӏисабалда дуца щиб абулеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, асирлъуде чи уна квералги рорхун, кодоб хъахӏаб байрахъги ккун. Сардаргун дандчӏваялде имам Шамил ана бан ярагъгун рекӏун чодагун. Полковник Лазаревас, Барятинскиясе мунгун дандчӏвазе бокьун бугин чанго нухалъ гьарун, вачӏана имам Шамил гьевгун дандчӏвазе. Шамилил нигат букӏана ахиралде щвезегӏан вагъизе. Амма цадахъ хутӏарал муридзабаз Гъазимухӏамадида гьарана инсуда абейин гиназгун дандчӏвазе айилан абун.\nБарятинскиясулгун дандчӏваялда къотӏи гьабуна рагъ лъугӏизе тезе. Лазаревасулгун Гъуниб росдал рагӏалда букӏараб дандчӏваялда гьес Шамилида абун букӏана сардаргун дандчӏван хадув мун тӏадвуссун росулъего виччазе вугин ва хадубккун хӏежалде инеги рес кьезе бугин. Барятинскияс Шамилида абула, дур суал жинца тӏубалеб жо гурин, гьеб пачаясул ихтияралда бугин.\nГьелдаса хадуб имам хъачӏго кӏалъала Лазаревасда кьураб рагӏи хвезабунинги абун. Бихьулеб букӏахъе, Шамил асирлъуде инчӏо, дандчӏваялде вачӏарав чи, макру гьабун, ккуна. Цере-цере цоцазда божунгутӏиялъул, къотӏи-къаял хвезариялъул хӏужаби ккун рукӏиналъ батизе бегьула, Шамил нахъе виччачӏолъиялъе гӏиллаги.\n— Художник Теодор Гольшетица бахъараб, тӏехьалдаса тӏехьалде рехулеб сураталда гъоркь хъван буго: «Фельдмаршал Барятинский принимает пленного Шамиля» абун. Гьелдасан бижараб далил гьечӏодай Гъуниб магӏарда имам асир гьавунин абиги?\n— Т. Гольшет хӏакъикъаталдаги Гъуниб магӏарда вукӏана. Амма гьес гьеб сурат бахъун буго рагъ лъугӏун анцӏго сон индал, Барятинскиясул гьитӏинав вац Владимирица гьарун. Барятинский гӏодов чӏун, Шамил гьесда цеве эхетун вихьизави буго Владимирил тӏадкъай тӏубазабулаго, гьесда лъикӏ вихьизе (гьайгьай мухьги кьун батиларищха) хӏаракат бахъи.\n25 соналъ пачаясул Россиягун вагъулев вукӏарав, жиндирго пачалихъги бугев, пачалихъалъул бетӏерасулгун дандчӏваялда А. Барятинский гӏодов чӏун, Шамил гьесда аскӏов эхетун вукӏине рес гьечӏо. Гьеб букӏинаан кӏалъа-басаязул къанун, этикет цӏунунгутӏи. Гьединлъидал битӏараб, хӏакъикъияб ритӏухълъи бихьизабураблъун гьеб сурат рикӏкӏине бегьуларо.\nКӏиабилеб, имам Шамилилги А. Барятинскиясулги дандчӏвай букӏана майданлъи ккараб гӏурччинаб гӏурдада, гьениб аскӏоб букӏараб кьурда, ганчӏида цебе. Гьеб кьурда 1859 соналъул 25 августалда гьабун букӏана гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «1859 года 25 августа, четыре часа пополудни» абун, ай гара-чӏвариялги гьарун рагъ лъугӏизе теялъул къотӏи-къай гьабураб заман. Хадуб, пачаясул Россия Дагъистаналда щулалъидал гьабуна батӏияб хъвай-хъвагӏай: «На сем камне восседал генерал-фельдмаршал, князь Барятинский, принимая пленного Шамиля 25 августа 1859 года», — абун.\n— Социалиял гьиназда чанго интервьюялда тарихчӏужу Патӏимат Тахӏнаевалъ абулеб буго, имам Шамил Дагъистаналъулги Чачаназулги имам вукӏинчӏилан, щивчи вукӏунилан гьесулгун Барятинскияс къотӏи – къаял гьаризе рукӏаралилан. Гьелъ рехсолел гьединал ва гьезда релъарал гӏахьучӏал гӏемер руго.\n— Щиб мурадалда Дагъистанияй – тарихчӏужуялъ, магӏарулалъ гьединал жал абулел ругелали бичӏуларо. Кинаб рокьукълъи букӏине кколеб гӏагараб халкъалъул тарихалде тударизе.\nШамил Дагъистаналъул имамлъун вищана Хӏамзатбег имам чӏван хадуб 1834 соналда Гӏашилтӏа росулъ. Имамлъун вищизе разилъи кьоларого вукӏана Шамил. Гьес инкар гьабулеб букӏана гьеб иш тӏаде босизе. Гӏарахъ мегӏералдаса рикӏкӏад гьечӏеб, Гьоркьобкӏалин абулеб бакӏалде данделъарал гӏалимзабаз, щибаб виллаяталъул вакилзабаз Шамил мукӏур гьавуна имамлъи тӏаде босизе. Хадуб гӏагардегӏан бугеб Гӏашилтӏа росдал мажгиталда Шамил имамлъун вищи тасдикъ гьабуна.\nЧачаназул имамлъун Шамил вищана Ахӏулгохӏда ккараб рагъалдаса хадув, 1840 соналъул март моцӏалда. П. Тахӏнаевалъ абухъе чачаназул имамлъун Ташавхӏажияв вукӏинчӏо. Гьев вукӏана Шамилил наиб.\nШамил вукӏинчӏо гъачагълъун, ялъуни кинавалиго бунтарьлъун. Гьев вукӏана пачаясде данде бахъараб халкъалъул цевехъан. Гьес гӏуцӏана хасаб пачалихъ – Имамат. Гьеб пачалихъалда гӏадал ритӏухъал, гьанжесеб мацӏалда абуни демократиял рахъал европаялъул пачалихъаздацин рукӏинчӏо.\nШамилги, гьесул къеркьейги лъалаан Турциялда, Ираналда гуребги Англиялда, Франциялда. Пачалихъалъул бетӏер хӏисабалда дандчӏвана гьев Барятинскийгун. Пачалихъалъул, Имаматалъул бетӏерлъун гьев вукӏиндал.\nАсир вукӏаравани, гьев Е. Пугачев гӏадин клеткаялъувги тӏамун чӏвазе вачинаан.\nХарьков губерниялъул Чугуевалда лъагӏалида жаниб цо нухалда тӏоритӏулаан Россиялъул аскаразул халгьабиял.\nПетербургалде унев Шамилилги аскаразул халгьабиялде вачӏарав пача Александр Кӏиабилевги гьенир дандчӏвана. Гьеб букӏана хинаб дандчӏвай, пачаяс Шамилида къвал бан квер босана. Кидаго лъилгунниги букӏинчӏеб гӏадинаб хӏурматияб дандчӏвай пачаяс гьабиялда гӏажа-иблъун рукӏана сверухъ рукӏарал. Асир гьедин кӏодо гьавуларо. Абизе ккола гьобол хӏисабалда тӏалаб гьабунин пачаяс имам Шамилил.\nХадув хӏежалде унаго Турциялда Султӏанас, Египедалъул хедивас (Султӏанасул Египедалда тарав бетӏер). Ай пачалихъазул бутӏруца гьев кӏодо гьави тарихалда буго.\n— Гьал къоязда дихъе щвана дагьаб цебе къватӏибе бачӏараб, дуца цӏех-рехал гьарун ракӏарарал архиваздаса документазулгун материалазул «Кавказский архив» абураб тӏехь. Дол соназул хӏакъикъат рагьулеб анцӏ-анцӏ документ буго гьениб. Гьездаго гьоркьоб Шамилихъе хъварал, гьес хъварал кагътал, жеги лъалел рукӏинчӏел тарихиял документал…\n— Гьел цӏехолаго дун хӏалтӏана Москваялъул, Санкт-Петербургалъул, Казаналъул, Типлисалъул архивазда. Дихъе щвана жеги чанго тӏехь бахъизе гӏурал къиматал документал. Цо чиясе гьеб захӏматаб иш буго, бугониги, иншаАллагь, гьелги рахъила.\nШамилил библиотека\nва музей хӏажат буго\n— Къватӏисел пачалихъазул архиваздаги дагьал ратиларо имам Шамилидаги Кавказалъул рагъдаги хурхарал документал. Масала, Турциялъул архивазда.\n— Хӏакъаб жо, Турциялъул, Ира-\nналъул, Азербайжаналъул, Гӏизраи-лалъул, Польшаялъул, Англиялъул, Франциялъул, СШАялъул, гӏагараб бакъбаккуда ругел цо-цо гӏарабазул улкабазул архивазда гьединал документал рукӏин. Цо чиясухъа гьеб бакӏарун бажаруларо. Буго халкъалда гьоркьосеб Шамилил цӏаралда бугеб фонд. Гьез тӏалаб гьабизе, цӏехезе ккела. Гьелдаса аслияб хӏалтӏи цоги щиб бугеб фондалъул?\nДун гьеб фондалда хӏалтӏулев вукӏараб заманалдаги ва гьанжеги дица абулеб буго пайдаяб хӏалтӏи гьабулеб батани, гьабе Шамилил фондалъул библиотекайилан. Гьенире ракӏаре Шамилида ва Кавказалъул рагъда хурхарал тӏахьал, бакӏ-бакӏазда ругел архиваздаса документазул копиял, гӏуцӏе каталог. Кир ругел нижеца цере ракӏарун рукӏарал тӏахьал?\n— Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасе кьуна дица гьеб суал. Гьел тӏахьал кир ругелали жинда лъаларин абуна гьес. Батирайил къотӏноб бугеб Гранд-Плаза абураб минаялъуб кӏиго-лъабго рукъги арендаялъе босун, гьениб хӏебтӏун бугила фонд. Лъеберго сон унеб бугила фондалъе мина кьеян тӏалъиялда гьарулаго, гьеб щолеб гьечӏила. В. Васильев республикаялъул бетӏерлъун вукӏараб мехалда, филармониялъул мина кьезехъин букӏанила фондалъе, амма Культураялъул министерство гьоркьоб речӏчӏун, кьезе биччачӏила.\n— Гьаб кӏудияб шагьаралда фондалъе хасаб бакӏ кьезе захӏматаб ишищ бугеб шагьаралъул ва республикаялъул нухмалъулезе? Щай бегьулареб ракьул участок тӏалаб гьабизе. Гьениб базе бегьилаан фондалъе мина, рагьизе бегьилаан Шамилил музей, библиотека, ай гьеб букӏинаан рухӏияб центрлъун. Гьеб ишалъе квербакъулел сахаватал дагъистаниялги гӏезегӏан рукӏинаан.\nТурциялда ругел Кавказалъул магӏарулазул мугьажирзабазул хӏа-къалъулъ тӏехь хъварав, тарихиял гӏелмабазул кандидат Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас бицана Стамбулалъул Бахӏария Джаресси проспекталда бугин шейх Шамилил библиотека. Гьеб гӏуцӏун бугин 100-150 соналъ цебе, Дагъистаналдаса Турциялде гочарал мугьажирзабазул наслуялъул гӏадамаз. Библиотекаялде бакӏарун буго ХӀX-XХӀ гӏасрабазда къватӏибе бачӏараб имам Шамилида, Кавказалъул рагъда хурхараб – авар, гӏурус, турк, гӏараб, паранг, ингилис, немец, фарс, поляк, иврит мацӏазда лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун тӏехь. Гьеб темаялда хурхараб кинаб тӏехь кибниги бахъани, гьез библиотекаялде бачӏинабулеб буго. Турциялда — Шамилил библиотека, Калугаялда – музей-рукъ. Нилъехъ щиб бугеб?\n1993 соналъул 22 августалда Шамилил фондалъул нухмалъулевлъун мунагьал чураяв Дибир Мухӏамадов вугеб мехалда Махӏачхъалаялъул Октябралъ 50 сон тӏубаялъул паркалда Северияб Кавказалъул магӏарулаз ХӀX гӏасруялда жидерго эркенлъиги къадруги цӏунун гьарурал рагъазул гӏахьалчагӏазе сайгъат гьабураб тарихияб мемориалалъе кьучӏ лъун букӏана.\nГьеб гьединго хутӏана. Бицинарин хӏорго хутӏараб имам Шамилие памятник баялъул суалалъулги. Гьабунани гӏураб хӏалтӏи буго Шамилил фондалъе.\nХӏамзатбег имамасул\nясалъул хоб — Гьеллиб\n— Ахираб 20-30 соналда жаниб тарихчагӏаз, краеведаз Дагъистаналда ва Чачаналда хабзалазулъ гьарурал цӏех-рехаз тӏатинаруна Кавказалъул рагъда шагьидлъарал наибзаби, рагъул гӏахьалчагӏи рукъарал бакӏал, гьел хвараб заман. Заназда гьарурал хъвай-хъвагӏаязги, цо къадаралда, кӏу-дияб кумек гьабулеб буго тарих рагьизе.\n— Битӏараб буго, заназда гьарурал хъвай-хъвагӏаяз, цо къадаралда, кумек гьабула бахчараб тарих рагьиялъе. Гьелъие цо мисалги бачина. Кӏиабилев имам Хӏамзатбегил наслу (лъимал) рукӏанищ яги рукӏинчӏищали тарихалдасан лъалеб букӏинчӏо.\nГьанжегӏагар Карабудахкент районалъул Гьелли росулъа Хосар Хосаровасда росдал хабалалъ батана цоцазда аскӏоб чӏвараб кӏиго зани. Цоялда гьабураб хъвай-хъвагӏаялда буго, гьаний юкъун йигин Гӏалискандерил вас Хӏамзатбегил яс Разия абун. Цогидаб кколеб буго гьелъул рос Ибрагьимил. Гьезул наслуги Гьеллиялда, цӏехани, гьайгьай, батила.\nБаянаб букӏахъе, Хӏамзатбегил тӏоцеесей чӏужу йикӏана жиндирго яцгӏал Патӏуч. Гьезул лъималазул хӏакъалъулъ баян гьечӏо. Хунзахъ бахъун хадуб гьес гьений ячана Гӏамирхан абурав Чӏанкӏал яс. Хӏамзатбег чӏван хадуб гьаюрай яс ятизе бегьула гьей.\nРос чӏван хадув, жийгоги ургьиб бугеб лъимерги цӏуниялъул мурадалда, гьей лъутун ятизе йиго лъарагӏлъиялде, Гьелли росулъе. Гьений гьаюн ятизе йиго Разияги.\nТӏахьазде чучула ракӏ\n— Хӏажимурад, балъголъи бати-чӏони, лъазе бокьилаан щай мун республикаялъул Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул директорасул заместителасул хъулухъалдаса нахъе аравали?\n— Дун нахъе инчӏо. Инавуна. Музеялъул директорас дида абуна, тӏасан амру бачӏанин мун нахъе витӏеян абун. Гьенив хӏалтӏулаго, цадахъго дица дарсал кьолаан ДГУялдаги. Гьенибги абуна сагӏтал гьечӏилан. Дида лъаларо, щиб такъсир, гӏайиб дир бугебали. Дицаги цӏехечӏо. Лъаларо, дир тӏахьаздаса, лекцияздаса цо-цо бакӏал (ХӀX гӏасруялда хурхарал) гьанжесеб ахӏвал-хӏалалда хурхинарун, бухьинабун хӏалтӏизарулел тӏатун ратизеги бегьула. Аллагьасда лъала. Дир щибго дагӏба гьечӏо, парахат рокъов, дирго тӏахьал хъвалев вуго.\n— Сунда тӏад гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вугев?\n— Цебеккун абухъе, чанго моцӏалъ батӏи-батӏиял архиваздаги хӏалтӏун, дица бакӏарун буго цӏикӏкӏараб къадаралда тарихиял документал. Гӏагараб заманалда хӏадурун лъугӏун руго ва къватӏире рачӏине руго:\n«Ахульго» (сборник документов и материалов).\nГьединго документаздаса ва материалаздаса данде гьабураб лъабго тӏехь:\nГъазимухӏамад имам.\nНаградная система в имамате.\nБиография детей имама Шамиля.\nГара-чӏвари гьабуна\nПайзула Пайзулаевас."}
{"slug": "insanasul-hantӏi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=insanasul-hantӏi", "title": "Инсанасул хъантӏи", "date": "2023-08-24 13:58:32", "categories": ["proishestvie"], "text": "14 августалда, къаси анцӏго тӏубазе 20 минут хутӏараб гӏадаб заманалда, «Астрахань-Махӏачхъала» шагьранухда, Цӏияб Кули росдада гӏагарлъухъ бугеб техстанциялда цӏа рекӏана. Гьелъул тӏираби щвана гьелда аскӏобго букӏараб складалде. Гьенибин абуни букӏун буго чанго анцӏ-анцӏ тонна амиачнияб силитраялъул, ай удобрениялъул. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб бичулеб букӏун буго теплицабазул хважаинзабазе. Селитра кьвагьана ва цӏа рекӏана шагьранух бахун цояб рахъалда букӏараб АЗСалдаги.\nДагъистаналдаго ватиларо балагь рещтӏараб сордо парахатго борчӏарав чи. Сапаралда гӏемерав чи вукӏунеб заман, Украинаялъул цӏадул коронир гӏолохъаби рукӏиналъ, гьадингоги рекӏее гьечӏеб хӏалхьи жеги хӏалуцинабуна гьеб пашманаб хабаралъ. Къварилъи ккеялъул хӏакъалъулъ официалиял идарабазухъе баян щвелалдего, гьеб бакӏалда рукӏарал дагъистанияз хӏалбихьана жидехъа бажарараб кумек гьабизе. Гьелъие нугӏлъи гьабулел видеороликал дагьал гьечӏо социалиял гьиназдаги телеграмм-каналаздаги. Кигӏан захӏматаб хӏалалде живго кканиги, Аллагьас къуват кьолеб буго нилъер гӏадамазе, ракӏ къвакӏизабулеб буго ва гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, цогидав чиясе хӏалае вахъине. Аллагьас гьединал\nбахӏарзал камун тогеги нилъ.\nПашманаб къварилъи ккараб бакӏалде щвана ДРялъул бетӏер Сергей Меликов, хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏаб дулмуслимов, РФялъул МЧСа лъул ДРялда бугеб Управлениялъул начальник Нариман Казиахӏмадов. Гьез халгьабуна гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ.\nГьеб къварилъиялда бан, ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас гьадинаб хитӏаб гьабуна халкъалде.\nХӏурматиял дагъистаниял! 2023 соналъул 14 августалда «Астрахань-Махӏачхъала» шагьранухда аскӏоб, Цӏияб Кули росдада гӏагарлъухъ бугеб кьвагьи бахъана. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьелда аскӏоб бугеб машинаби къачӏалеб станциялда цӏа рекӏин. Руго хваралги лъукъа-къотӏаралги. Гьеб бакӏалде щварал МЧСалъул хӏалтӏухъабаз бахӏарчияб иш гьабуна. Гьезул хӏаракаталдалъун гӏемерав чи хвасарлъана ва цӏа тариялъул цӏурал къалал кьвагьиялдаса цӏунана. Гьел кьвагьаралани, нилъеде бачӏараб балагьалъул пашманаб хӏасил гӏемерго цӏикӏкӏинаан. Тохтурзабазул къокъабазги, психологазги, цогидал махщелчагӏазги гьабулеб буго жидехъа бажарарабщинаб. Тӏуразаризе руго социалиял масъалабиги. Хӏажатаб кумек заманалда гьабеян тӏадкъана. Гьабсагӏаталда цӏех-рех гьабулеб буго къварилъи ккеялъе ругел гӏиллабазул. Низам цӏунулел идарабаз тӏобитӏулеб буго халгьаби. Гьелъул хӏасилалда дагъистаниязул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиги цӏуниялъе тадбирал гьаризе руго. Хасаб баркала кьола дица вацлъиялъулаб Чачан Республикаялъе: гьенисан Махӏачхъалаялъул больницабазде ритӏун рачӏана къварилъи ккаразе кумек гьабизе бажари бугел тохтурзабазул къокъаби. Кӏудияб пашманлъигун зигара балеб буго дица гьеб балагьалъул хӏасилалда гӏага-божарал хварал гӏадамазда. Ракӏ-ракӏалъ абулеб буго: гьеб буго дирги пашманлъи. Дагъистаналъул тӏолабго халкъалъ нужер ургъел бащад бикьулеб буго. Аллагьас нужее сабруги, къвакӏиги, яхӏги кьеги, гьеб къварилъи баччизе.\nГьединабго зигара бана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги: «Нолъ ккараб къваридаб лъугьабахъиналъ рахӏатхвезабуна республикаялъул тӏолабго халкъалъул. Гьеб кьвагьиялъ иргадулаб нухалда нилъеда, тӏоцебесеб иргаялда, республикаялъе нухмалъи гьабулел идарабазда бихьизабуна гьединал бакӏал ралеб мехалда гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялде кӏвар кьолеб гьечӏолъи. Къварилъи ккеялъе кинаб гӏилла букӏун батаниги, гьеб чӏезабиялда тӏад гьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго тӏадал идарабазул хъулухъал. ДРялъул бетӏер Сергей Алимовичасул тӏадкъаялда рекъон, хваразул хъизамазеги къварилъи ккарав щивав чиясеги гӏарцулаб кумек гьабизе\nбуго ДРялъул Нахъраталил фондалдаса. Гьеб буго къварилъи ккарал гӏадамазе нилъехъа гьабун бажарулеб бищун дагьаб жо. Тӏолабго сордо-къоялъ нижеца хӏисаб гьабулеб буго гьениса рачӏунел баяназул. Баркала буго власталъул идарабазеги, тохтурзабазеги, спасателазеги, жидеего бокьун кумекалъе рахъа рал дагъистаниязеги. Нолъ цоги нухалда нижеда бихьана Дагъистаналъул цолъи-гъунки. Гъаридаб пашманлъигун зигара бала дица хваразул гӏагарлъиялда. Гьеб балагьаб лъугьа-бахъин ккола нилъер киназулги ракӏунтизабураб иш».\nКъварилъи ккараб бакӏалдеги щун, бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏисабги гьабун, республикаялъул нухмалъиялъ 15 август лъазабуна Пашманлъиялъул къолъун. Гьебго къоялъ С. Меликовас тӏобитӏана Оперативияб штабалъул данделъиги. Гьениб бицана Цӏияб Кули росдада гӏагарлъухъ ккараб балагьаб лъугьа-бахъиналъул хӏасилал гьариялъул хӏакъалъулъ. Оперативиял баяназда рекъон, гьениб къварилъи ккана 102 чиясе. Гьезда гьоркьоса 35 чи хвана – гьезда гьоркьоб буго лъабго лъимерги. Регионалъул бетӏерас цоги нухалда зигара бана хваразул гӏагарлъиялда ва чӏаго хутӏаразе сахлъи гьарана. Гьес абуна, Дагъистаналда 15 август Пашманлъиялъул къолъун лъазабун бугиланги.\nРегионалияб МЧСалъул нухмалъулев Нариман Казиахӏмадовас абуна, байбихьуда гьенив жидер хъулухъалъул 260 чиги 80 машинаги букӏанин ва жакъа 70 спасательги пожарникги жеги хӏалтӏулел ругин кьвагьи ккараб бакӏалда. Гьезда цадахъ руго гьабигун кинологалги. Гӏадамазе ккараб заралалъул хӏисаб гьабулеб буго. Гьабсагӏаталда\nзарал ккараблъун рикӏкӏун буго щунусгоялдаса цӏикӏкӏун мина. Жагъаллъун буго ичӏтӏалаяб минаялъулги «Меридиан» абураб отелалъулги тӏохал ва гъурун руго гьезул гордазул цӏурдул. Тӏубанго биххун буго техникияб центрги. Гьединаб зарал ккарал бакӏазухъ халгьабулеб буго жеги. Къварилъи ккарал муниципалитетазда гӏуцӏун руго оперативиял штабал. Тахшагьаралъул нухмалъиялда Сергей Меликовас лъазабуна, заправкаялда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулел гӏадамазулги минабазухъги халгьабеян абун. «Халгьабизе ккола щибаб рукъалъухъ, щибаб минаялъухъ», — ан абуна гьес. ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 15 августалъул сагӏат микьгоялде\nбольницабазда вукӏана 65 чи (гьезда гьоркьоб – 13 лъимер). Гьел руго шагьаралъул №1 ва №2 больницабазда, Республикаялъул клиникияб больницаялда, Республикаялъул ортопедиябгун травмотологияб централда, Республикаялъул лъималазул клиникияб больницаялда. Гьенирго рагьун руго психологияб кумекалъул централги. Гьелде тӏадеги, Махӏачхъалаялде бачӏана РФялъул МЧСалъул самолет. Гьелда тӏад руго медицинаялъул кумекалъе хӏажатал гьанжезаманалъул алатал. Захӏматал ругънал щварал гӏадамал ритӏизе руго Москваялъул хасал клиникиял центразде. Гьезда цадахъ самолеталда рукӏине руго «Центроспасалъул» тохтурзабиги, Россиялъул МЧСалъул психологалги, РФялъул Сахлъи цӏуниялъул махщелчагӏиги. Тарихазул министерствоялда регионалъул бетӏерас тӏадкъана «горячая линия» рагьеян абун. Гьеб номералдеги кӏалъан, лъазабизе бегьула къварилъи ккарав кив вугевалиги, гьесие кинаб кумек ва киб гьабулеб бугебалиги. Данделъи ахиралде щвелалдего, бицана «горячая линиялъул» телефонги – 98-90-81.\nБалагьаб лъугьа-бахъиналда хваразул хъизамазе республикая лъул Нахъраталил фондалдаса кьезе бу го цо миллион гъурущ. Захӏматго лъукъа-къотӏарав чиясе – 400 азарго ва\nсахлъиялъе дагьабго зарал ккарав чиясе – 200 азарго гъурущ. Гьелде тӏадеги, С. Меликовас муниципалитетазул бутӏрузда абуна,\nхварал рукъиялъе кумек гьабеян абун. «Гьарула, гӏицӏго кумек гьабун чӏоге, хварал рукъиялъул тадбирги тӏаде босе. Нилъ руго цо халкъ, цо хъизам. Рачӏа гьеб къварилъи щивас\nжиндирго ургъеллъун къабул гьабизе. Кутакалда гьарула, гӏагарлъиялъе сундулъго кумек гьабе», — ян абуна гьес. Муниципалитетазул бутӏрузда гьес лъазабуна, муфтияталъулгун бу хьенги гьабун, мажгитазда тадбирал гьаризареян абун. Федералияб Собраниялъул сенаторалги Пачалихъияб Думаялда ругел депутатал-дагъистаниялги кумекалъе рахъиналде хьул бугинги бицана регионалъул бетӏерас.\nКъварилъи ккараб бакӏалда гьабсагӏаталда хӏалтӏулеб буго Цӏехрехалъул комитеталъул оперативияб къокъа. «Гьаб балагь ккеялъе гӏилла буго инсанасул хъантӏи. Гӏемераб\nгӏарац щвеялъул мурадалда хӏалтӏи гӏуцӏулев чияс хӏисаб гьабуларо цогидал гӏадамазе ккезе бегьулеб къварилъиялъул. Гьедин нилъеца нилъерго квералъ гӏуцӏула гьадинал\nбалагьал рещтӏиналъе квербакъулел шартӏал», — ан абуна Сергей Меликовас. Регионалъул бетӏерасул пикру битӏараб буго. Махӏачхъалаялъул аслиял къватӏаздасан унаго, гьезул\nкӏиябго рахъалда цоцада цвизарун ран руго заправкаби. Гьезул цонигияб кьвагьани, ккезе бугеб балагьалъул хӏисаб гьабизецин хӏинкъулей йиго. Байбихьуда кинабалиго заправка кьвагьун бугин бицунеб букӏиндал ва гьанжеги цо-цояз гьеб балагь ккеялъе гӏайибияблъун АЗС рикӏкӏунеб бугелъул, нижеца бухьен ккуна Дагъистаналъул АЗСазул ассоциациялъул нухмалъулев, Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъа Юсуп Чӏарабураевасулгун. «Дун щвана къварилъи ккараб бакӏалде. Битӏахъего ракӏ кьвагьулеб хӏал букӏана дирги гьенир хӏалтӏулел рукӏарал батӏи-батӏиял идарабазул вакилзабазулги. Дие гӏемер суалал кьуна СКялъулги, МЧСалъулги, полициялъулги хӏалтӏухъабаз. Баркала буго гьезие – сабурго, рагӏа-ракьанде щун, мухӏканго гьабулеб букӏана гьез жидерго хӏалтӏи. Аслияб мурад букӏана къварилъи ккеялъе гӏилла чӏезаби. Цадахъаб хӏаракаталдалъун\nгьебги чӏезабуна. «Nafta24» АЗСалда ругел нартилги газалъулги къалазул цонигиялъе зарал ккун гьечӏо, ай заправка кьвагьанин абураб жо гьереси буго. Дица\nхалгьабуна кьвагьиялъул хӏасилалда шагьранух бахун добехун лъугьараб гвендалъухъ. Гьениб бахъун буго кьвагьи. Цӏех-рехалъул комитеталъул следователаз жакъа къоялде\nгьабураб цебеккунисеб хӏасил гьадинаб буго: 14 августалда машинаби къачӏалеб техникияб станциялда цӏа рекӏана. Хадубккун гьеб рекӏана аскӏоб букӏараб цогидаб минаялда.\nЦереккунисел баяназда рекъон, гьениб цӏунун букӏун буго бигьаго цӏа рекӏунеб удобрение. Гьелда пирхараб цӏаялъ ккезабун буго гьеб балагьги. Бокьилаан дагъистаниязде хитӏаб гьабизеги. Гьарула, хӏурматиял ракьцоял, хӏужа-далил лъачӏого, хӏасилал гьаризе гӏедегӏуге. Щивасда лъазе ккола жиндаго тӏад бугеб жавабчилъи ва гьабулеб ишалъулъ кьочӏое босизе ккола гӏадамазул парахалъи. Рачӏа сабру гьабизе ва кьучӏ гьечӏел гьерсал тӏиритӏизаричӏого тезе», — ян бицана гьес . Ракӏалда буго, микьабилеб классалда цӏалулаго, тӏоцебесеб нухалда тахшагьаралде гьабураб сапар. Махӏачхъалаялде ниж щвана рогьалилъ. Доб заманалда Троллейбусазул «кольцо» рикӏкӏунаан шагьаралъул цояб рагӏаллъун. Гьелдасаги гӏезегӏанго эхедегӏан чӏезабуна шоферас машина. Гьениб батана бензин тӏезе рачӏарал машинабазул халатаб читӏир. Райкомалъул тӏоцевесев секретарьги, школалъул директорги, цогидал нухмалъулелги рекӏараб машина гьениб чӏана лъабгоялдаса цӏикӏкӏун сагӏаталъ, ирга щоларого. Бензинги кьолаан хасаб книжкаялда рекъон (лимитка). Дун хӏикмалъун йикӏана хӏакимзабазул сабурлъиялда гуребги, шагьаралда жанирго заправкаби гьечӏолъиялдаги. Унго-унголъунги, цебе, ай советияб улкаялъ инсанасул тӏалаб гьабулеб букӏун буго!\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "dagistan-va-belgorod-giagarab-rak-cziuniyalul-hialbihi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dagistan-va-belgorod-giagarab-rak-cziuniyalul-hialbihi", "title": "Дагъистан ва Белгород: гӏагараб ракь цӏуниялъул хӏалбихьи", "date": "2023-08-24 14:13:53", "categories": ["obshestvo"], "text": "Исана январалдаса байбихьун, Белгород областалда, гьелъул губернатор В. Гладковасул жигаралдалъун, Украинаялъул нацистаздаса гӏагараб ракь цӏунизе гӏуцӏулел руго ополчениялъул къокъаби. Жидеего бокьун ватӏан цӏунизе хӏадурал гӏолохъаби данделъун, кӏвараб хӏаракат бахъулеб буго гьез тушбабазул гъарачагӏи Украинаялдасан областалдехун рачӏин гьукъизе ва гьезие мустахӏикъаб жаваб гьабизе. Жакъа гьенир гӏахьаллъулел руго ополченцазул 8 батальон.\nАбизе ккола, цӏияб тарихалда Россиялъул ракьалда гьединаб къагӏидаялда ватӏан цӏуниялъул хӏалбихьи тӏоцебе Дагъистаналда бижанилан. 1999 соналъул августалда\nДагъистаналде тӏолгодунялалъулго хъачагъазул къокъа кӏанцӏараб заманалда кинабго халкъалда ва республикаялъул нухмалъулезда цебечӏана ватӏан цӏуниялъул аслияб\nмасъала. Гьелдаса нахъе ана 24 сон. Къадалъ чӏварал магӏал гӏадин халкъалъул рекӏелъ щулаго хутӏун руго рагъулал тӏанчал, хваразул гьурмал ва халкъалъул тавакал.\nДоб заманалда Россиялъул армиялъул кинаб хӏал букӏарабали лъаларел байбихьуда рукӏарал ратаниги, хадуб киназдаго бичӏчӏана Ельцинил кадрабаз гьелъул даража\nкибе ккезабун букӏарабали. Дагъистанги Россияги цӏунизе гьезул къуват гӏолеб букӏинчӏо. Киназдаго бичӏчӏана халкъалъул къуват гьечӏого я бакӏ лъаларел, я рагъизе\nгӏураб махщел гьечӏел рагъухъабазда цебечӏараб кӏвар цӏикӏкӏараб масъала тӏубазе кӏвезе гьечӏолъи. Дагъистаналъул миллатазул церехъабаз ватӏан цӏунизе жидер\nбугеб гъира загьир гьабуна ополчениялъул къокъаби гӏуцӏизе кколин абураб пикру нухмалъулезда цебелъеялдалъун. Гьедин нилъер республикаялда гӏуцӏана ополчениялъул яргъид хьезарурал къокъаби. Дагъистаналъул 38 районалда ва 10 шагьаралда гӏуцӏарал гьел къокъабаз гъорлъе рачана 26124 чи. Гьез тушманасе нилъер ракьалде жанирегӏан рачӏине нухал къана ва бахӏарчияб къеркьеялде байбихьана. Ополчениялъулаз, яргъилал къуваталгун цадахъ лъугьун, гьабулеб дандечӏеялъ террористаз церелъурал, Дагъистан Россиялдаса батӏа тӏезаби, Россиялда биха-хочи ккезаби ва халифат гӏуцӏи гӏадал масъалаби гӏумруялде рахъинчӏо. Дол соназ Россиялъул премьерминистрлъун вукӏарав В. Путиница гьеб кьеркьеялъе кинаб къимат кьурабали нилъеда киназдаго лъала. Гьес Дагъистаналъул халкъазул бахӏарчилъиялъул мисал цогидазеги чанго нухалда загьир гьабуна. Болъихъ, Казбек, Буйнакск, Новолак, Цӏумада районазул ва Буйнакск шагьаралъул ополчениялъул къокъабаз гӏахьаллъи гьабуна хӏакъикъаталдаги рагъал унел бакӏазда. Гьез рухӏалда барахщичӏого бихьизабураб къеркьеялъул ва бахӏарчилъиялъул хӏасилалда хъачагъазул мурад, кигӏан гьезие къватӏисел улкабазул цо чангояз кумек гьабуниги, тӏубачӏо. Ватӏан цӏунана, амма гьеб рагъулъ армиялъул солдатазда цадахъ гӏумруялдаса ратӏалъана 37 ополченец ва 108 щибго гӏайиб гьечӏел ракълилал гӏадамал, лъукъана 720-яв. Гьединго гьеб рагъулъ накълулъана 275 Россиялъул солдат ва офицер, 937-яв лъукъана. Жанисел ишазул идарабазул 53 хӏалтӏухъанги гӏумруялдаса ватӏалъана. Террористазулин абуни чӏвана 2500 чи. Россиялъул\nбахӏарзаллъун рахъана Хӏажимурад Нурахӏмаев, Халид Мурачуев, Мутей Гӏисаев, Загьид Загьидов, Закир Даудов, Муртазагӏали Хъазаналипов, Андрей Орлов. Нилъер\nракьалда гьеб соналъ, гьединго, гӏумруялдаса ратӏалъана Россиялъул Бахӏарзал — Магаданалдаса хирург Эдуард Белан, Талды-Курганалдаса медсестра Ирина Янина.\nНилъер эркенлъи цӏунулаго, гӏумру кьурал гьел киназулго цӏарал халкъалда кӏочон теларо. Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ 2019 соналда къабул гьабуна Дагъистаналъул ополченцазе «Рагъулал ишазул ветераназул» даража ьчӏезабиялъул хӏакъалъулъ закон. Август-сентябралда Дагъистаналда ккараб рагъул дарсазул хӏисаб гьабуни, тӏоцебе цебе бачӏуна гӏагараб ракь ва ватӏан цӏунулаго, дагъистанияз бихьизабураб бахӏарчилъиги, халкъалъул ополчениеги армиялъул яргъилал къуваталги цадахъ рекъон тушбабазде дандечӏей гьабизе бажариги."}
{"slug": "biczuneb-ragӏana-rokobe-gaz-bachinale-va-gazalul-kaji-bosiyale-mi-skinal-hizamaze-va-invalidaze-gӏarczulab-kumek-gabuleb-bugilan-gelul-hӏakalul-muhӏkanab-bayan-kuni-bokilaan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=biczuneb-ragӏana-rokobe-gaz-bachinale-va-gazalul-kaji-bosiyale-mi-skinal-hizamaze-va-invalidaze-gӏarczulab-kumek-gabuleb-bugilan-gelul-hӏakalul-muhӏkanab-bayan-kuni-bokilaan", "title": "Бицунеб рагӏана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе ми- скинал хъизамазе ва инвалидазе гӏарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканаб баян кьуни, бокьилаан", "date": "2023-09-19 14:20:57", "categories": ["rekiel-akhii", "tsiekh-rekh"], "text": "Газеталде гӏемерал кагътал рачӏуна жидерго суалалагун. Гьединаб суал буго Шамхал поселокалдаса Мухӏамадов Гӏисаца бачӏун. «Бицунеб рагӏана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе мискинал хъизамазе ва инвалидазе гӏарцулаб кумек гьабулеб бугилан.\nГьелъул хӏакъалъулъ мухӏканаб баян кьуни, бокьилаан». Гьадинаб жаваб кьуна гьеб суалалда хурхун Газпром газораспределитель Махӏачхъалаялъул» клиентазулаб централъул консультант Расулова Жа-\nмиляца:\n– Социалияб газификация абулеб программаялда гӏахьаллъулел ветераназул, инвалидазул, лъимал гӏемерал хъизамазул ва янгъизал пенсионеразул рес буго рокъобе жанибе газ бачиналъе, гьединго газалъул къайи-къоно босиялъе гӏарац тӏалаб гьабизе. Социалияб выплатаялъул къадар букӏуна нусазарго гъурщидаса цӏикӏкӏинчӏеб. Гьеб\nкьола цо мина-рукъ газалдалъун хьезабизе.\nГьединаб кумек тӏалаб гьабизе бегьула МФЦялдаса, Госуслугаялъул сайталдаса яги гӏумру гьабун ругеб бакӏалъул социалияб рахъ цӏуниялъул управлениялде хитӏаб гьабун. Гӏарцул рецӏел кьола гӏицӏго цо нухалда.\nРецӏел тӏалаб гьабиялъе хӏажалъулел документал: паспорт, ракьалъулги минаялъулги «зеленка», ИНН ва СНИЛС.\nНури НУРИЕВ"}
{"slug": "yatimazul-mulk-bikaraze-tamihi-bukiine-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=yatimazul-mulk-bikaraze-tamihi-bukiine-kkola", "title": "Ятимазул мулк бикъаразе тамихӏ букӏине ккола", "date": "2023-10-18 16:40:44", "categories": [], "text": "12 октябралда Сергей Меликовас тӏобитӏана ДРялда ришватчилъиялда данде чӏеялъул хӏалтӏи нухда бачиналъул рахъалъ комиссиялъул данделъи.\nГьенир рорхарал суалазул аслияблъун букӏана — ятимал лъимал мина-рукъалдалъун хьезариялъулъ коррупция ккунгутӏиялъе тадбирал гӏуцӏи.\n2023 соналда республикаялда ятимал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе республикаялъул бюджеталдаса 779,1 миллион гъурущ биччан бугин бицана Сергей Меликовас.\nГьеб гуребги 189 ятимазе республикаялъул бюджеталдаса жеги тӏаде кьезе бихьизабун буго социалияб выплата.\n«Жидер тӏалаб гьабизе нахъа чи гьечӏел ятимаздаса пайда босизе нахъе къаларел цо-цо «пишачагӏазул» хьул лъун батизе бегьула дица рехсараб гӏарцуде. Гьединал лъугьа-бахъинал дандчӏвани, гьеб бакӏалдаго къотӏизаризеги руго», — ян лъазабуна республикаялъул бетӏерас.\nИхтияр цӏунулел гӏуцӏабаздеги хитӏаб гьабуна Сергей Меликовас бесдал хутӏарал лъималазе рукъзал кьеялъул рахъалъ ихтиярал хвезарурал гӏадамал законалда рекъон кьварараб тамихӏалде цӏаян абун.\n2015-2016 соназда ятимал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе 4,5 млрд гъурущ биччан букӏана. Сергей Меликовас гьабураб хӏисабалда рекъон, гьеб гӏарац кколеб къагӏидаялъ, цӏодорго хӏалтӏизабун букӏарабани, жакъа киналгӏаги захӏмалъаби рукӏинароан ятимал лъималазе мина-рукъ щвеялъул рахъалъ.\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "czo-czoyazul-hantii-sabablun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czo-czoyazul-hantii-sabablun", "title": "Цо-цоязул хъантӏи сабаблъун…", "date": "2023-10-22 11:30:40", "categories": [], "text": "Дагьал церегӏан къоязда, ришватчилъиялда дандечӏеялъул хӏалтӏи гьабиялъул рахъалъ комиссиялъул данделъиялда, ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас кӏвар буссинабуна ятимал лъимал минарукъалдалъун хьезариялъул рахъалъ дандчӏвалел захӏмалъабазул\nхӏакъалъулъ суалалде. Гьес кьварун лъазабуна гьеб рахъалъ хӏалтӏи тӏаса-масаго гьабулезе, ятимазул ихтиярал хвезаруразе законалда рекъон тамихӏ гьабизе бугин абун.\nЯтимазе мина-рукъ босизе пачалихъалъ биччараб гӏарац, батӏи-батӏиял хӏиллабиги ургъун, гьересиял документалги гьарун, бокьа-бокьахъе бикьулеб букӏиналъул хӏужаби загьирлъана ахирал соназда. Лъабго соналъ цебе республикаялъул бетӏер вугеб бакӏалда гьеб суал борхана «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» НКОялъул председатель Раисат Гӏусмановалъ. Абизе ккола, гьелдаса нахъе гьеб рахъалъ ахӏвалхӏал гӏезегӏанго лъикӏлъанин.\nЖиндир заманалда рукъзал щвечӏел, гьеб рахъалъ батӏибатӏиял захӏмалъаби дандчӏварал, лъималазул рокъор гӏурал гӏемер ятимал рачӏунила «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде кумек гьарун. Гьел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ гьадин бицана Раисат Гӏусмановалъ:\n— Жиндир заманалда лъималазул рукъзазул нухмалъулез минаби щолезул сияхӏалда лъечӏого гьоркьор хутӏарал ятимал рачӏуна дихъе. Лъималаз 18 сон тӏубазегӏан, лъималазул рукъзазул нухмалъулез, ятимазул статусги бихьизабун, хӏадуризе ккола документал. 23 сон тӏубалелде гьел рукъ щолезул сияхӏалде росун рукӏине ккола. Гьеб заман щвезегӏан документал жанире кьезе кватӏани, гьезие рукъ кьоларо. Лъималазул рукъзазул нухмалъулезул тасамахӏлъи сабаблъун рукъзал щвезе кватӏарал ятимазул хитӏабазул халгьабула ва кумек гьабула нижер юристас. Пачалихъалъ чӏобого кьолеб рукъалъе гӏоло, хӏиллаби ургъун, мекъал ишал гьарулел ратана цо-цо бакӏазда. Цо-цо эбел-инсуца жидерго лъималаздаса инкар гьабунин абун, гьересиял документал гьарулел ратана. Батӏибатӏиял хӏиллаби ургъун, унго-унгоял ятимаздаса цере щолел ругоан гьезие рукъзалги.\nГьел хӏужабазда тӏасан респу- бликаялъул бетӏер Сергей Меликовасде хитӏаб гьабуна нижеца. Ва гьеб пиша гьоркьоб къотӏизабизе кӏвана. ДРялъул Лъай кьеялъул министерствогун цадахъ нижеца батӏи-батӏиял районазда эбел-инсулал ихтияраздаса махӏрум гьарурал ва рукъзал щолезул сияхӏалда лъурал гӏадамазул документазул хал гьабуна. Рукъ щвезе гӏоло гьересиял документал гьарурал гӏемер ругоан, нижехъа бажарана гьезул цо-цоязул гӏарзал хӏакъикъиял гуреллъи чӏезаризе».\nЖакъа къоялдаги гӏемер руго 23 сон барал, амма лъималазул рукъзазул нухмалъулезул тасамахӏлъи ва цогидал гӏиллаби сабаблъун рукъзал щвечӏел ятимал. Кин гьеб суал тӏубалебали лъачӏого, гьел рачӏуна «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде кумек гьарун.\n«Жидерго лъималаздаса инкар гьабунин абун гьересиял документал гьарурал ва чӏобого рукъ щвезе ятимазул сияхӏалда гьел лъурал гӏадамаз унго-унголъунги гьединаллъун кколезул ихтиярал хвезарулел руго. Нижеца гьеб суал борхун хадуса Сергей Меликовас лъазабуна ургъунго эбел-инсулал ихтираздаса жалго махӏрумги гьарун, судалъул хӏукмуялдалъун рукъ чӏобого щвезе кколел ятимазул сияхӏалда иргаялъ церегӏан рачунезул халцин гьабугеян абун. Гьеб мехалда прокуратураялъ тӏадчӏун хал гьабуна гьединазул. Ва байбихьана кколеб къагӏидаялъ, иргаялда рекъон, ятимазе рукъзал кьезе. Судалъул хӏукмуялъул санги гьабичӏого, гьел щвезе мустахӏикъал ятимазе гурони рукъзал кьечӏого тезе жавабчилъи тӏаде босун букӏана Махӏачхъалаялъул вукӏарав мэр Салман Дадаевас. Гьединал лъикӏал хӏасилал ккана Меликовасде гьабу- раб хитӏабалдаса хадур», — ан бица- на Раисат Гӏусмановалъ.\nЖакъаги захӏмалъаби дандчӏвалел руго бесдалазе рукъзал ро- сизе кьолел сертификатазул рахъ- алъги. Республикаялда рукъзал хиралъун рукӏиналда бан, сертифи- каталда бихьизабураб гӏарцул къа- дар гӏолеб гьечӏин жакъа ятимазе рукъ босизеян абулеб буго «Бесда- лал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялъул нухмалъулелъ:\n«Рукъзал росизе ятимазе гӏарац биччазе республикаялда байбихьана 2004 соналда. Гьелдаса нахъе хисабасиялги гьаруна законалъулъ. Цебе рес букӏана бокьараб бакӏалда рукъ босизе ва хадубккун гьеб бичизе. Яти- мал махсараде кквезе рес бугин абун, хадуб законалъулъ хиса-басиял гьаруна. Ва гьелда рекъон, ятимазе босараб рукъ бичизе бегьулароан щуго соналъ. Щуябго соналъ гьеб мулк букӏунаан администрациялъул халгьабиялда гъоркь. Гьеб заман ун хадуса гурони рукъалъул бетӏергьабилъун рахъунароан ятимал. 2023 соналъул август моцӏалда байбихьана сертификатал кьезе. Гьанже сертификаталда рекъон, рукъ босарабго гьелъул бетӏергьабилъун рахъуна ятимал. Гьеб цӏияб къагӏидаялъул щиб ккезе бугебали лъаларо.\nДРялъул Хӏукуматалъ ятимазе рукъзал росизе 2 334 585 гъурущ бихьизабун буго. Жакъасел багьабазда рекъон, гьеб гӏарац гӏолеб гьечӏо рукъ босизе. Ятимасе бихьизабун буго 33 квадратияб метралъул рукъ. Амма гьединаб къагӏидаялъул рукъзал республикаялда гьанже ралелго гьечӏо. Ралел бакӏазул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялъул вакилзабаз тӏобитӏараб данделъиялдаги борхун букӏана дица гьеб суал. Гьез абуна ятимасул рес бугин жинцаго тӏад гӏарацги лъун рукъ босизеян».\nИсана 189 ятимасе щвезе буго рукъ босизе сертификатал. Жакъа къоялда гьел сертификат щварал ятимазда гьоркьоса 56-яз гьеб рукъ босизе гӏарац щвеялъе документал ракӏарун кьун руго. Гьезда гьоркьосаги 40 ятимас босана рукъ. Хутӏаразин абуни лъагӏалил ахиралде щвезегӏан халгьабизе ккола жидее дандекколел рукъзал ва документал ракӏаризе ккола. П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "dagistanale-373-million-gurushh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dagistanale-373-million-gurushh", "title": "Дагъистаналъе 373 миллион гъурущ", "date": "2023-10-27 17:10:49", "categories": [], "text": "ДРялъул бетӏер Сергей Меликов гьал къоязда дандчӏвана Россиялъул росдал магӏишаталъул министр Дмитрий Патрушевгун.\nГьез бицана регионалда агро- промышленнияб комплекс цебетӏезабиялъулги, хурухъабазул хӏалтӏулги, росдал магӏишаталъул\nнигӏматал хӏадурулел предприятиязе пачалихъияб кумек гьабиялъулги, лъалъадулеб хурухъанлъи цебетӏезабиялъулги ва цогидалги масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда рагӏалде бахъунеб\nбуго хуриса тӏорщел бакӏариялъул хӏалтӏи. Пиринчӏ гӏезабиялъул рахъ- алъ Дагъистан кӏиабилеб бакӏалда\nбугин абуна федералияв министрас.\n«Ракь» абураб пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабулаго, республикаялда хӏадурун буго\nлъалъадулеб хурухъанлъиялъул 66 проект. Гьелъие федералияб министерствоялъ биччазе ккола 360 миллион гъурущ. Субсидиял кьезе руго жеги лъабго проекталъе. Гӏаммаб къадаралда Дагъистаналъул хурухъ- абазе щвезе ккола 373 миллион гъурущ. Гӏи-боцӏухъанлъиялъул хӏалгичӏара-хьараб буго. Хӏажат буго ре- гионалъул ветеринарияб хъулухъалъ боцӏул унтабазда хадуб халкквеялъ- ул иш тартибалда бачине.\nДандчӏваялда бицана росабалъ ругел гӏадамазул гӏумруялъе шартӏал гӏуцӏизе ккеялъул хӏакъалъулъги.\nГьаб соналда республикаялда гӏумруялде бахъинабулеб буго росдал ракьал церетӏезариялъул рахъалъ хӏадурараб 35 миллион гъурщил кӏиго проект.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "rasulil-yubilej-uzbekistanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rasulil-yubilej-uzbekistanalda", "title": "Расулил юбилей — Узбекистаналда", "date": "2023-11-01 11:54:12", "categories": [], "text": "21 октябралда гьел щвана Чирчик\nшагьаралда бугеб «Хъахӏал къункъ-\nраби» абураб мемориалияб комплек-\nсалде. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул\nгӏахьалчагӏазул памятникалда цере\nтӏугьдул лъуна гьез.\n«Хъахӏал къункъраби» мемори-\nалияб комплекс рагьана 1972 сона-\nлъул микьабилеб маялда Чирчик ша-\nгьар бакьулъ. Гьелъул кьочӏолъ лъун\nбуго немцаз чӏварав Чирчик шагьа-\nралъул 1695 чиясул цӏар тӏад хъвараб\nкагъат жаниб лъураб капсула.\nБекараб кваркьи бугеб къункъ-\nра пашманго балагьун буго боржун\nунеб читӏиралъухъ. Гьеб буго рагъда\nчӏварал солдатазул рухӏазе бараб па-\nмятник. Гьезул хӏакъалъулъ хъвараб\nРасулил кечӏ буссинабун буго узбек\nмацӏалдеги.\nГьеб памятник хирияб буго Аф-\nгъан рагъул гӏахьалчагӏазеги: гьелда\nцересан тӏоритӏана гьел рагъде унеб\nмехалда.\nДагъистаналъул вакилзаби щва-\nна «Чирчик» абураб химиялъул-\nгун индустриалияб паркалдеги.\nГьелъул\nгенералияв директор Фарит\nГӏазизовас бицана гьениб гьабулеб\nхӏалтӏулги инвестораз гӏуцӏун ругел\nшартӏазулги хӏакъалъулъ.\nПаркалъул буго цебетӏураб ин-\nфраструктура. Гьенир сокӏкӏун руго\nкъватӏисел улкабаздаса Узбекиста-\nналда хӏалтӏизе рачӏарал индустри-\nалиял компаниязул офисал. Гьезие\nхӏажатабщинабги чӏезабун буго.\nДагъистаналъул вакилзабазда ри-\nхьизаруна индустриалиял парказул\nцебетӏеялъе квербакъулел тадби-\nрал ва Узбекистаналъулги Дагъи-\nстаналъулги бухьен камил гьабизе,\nай промышленносталъе хӏажатал\nмахщелчагӏи хӏадуриялъул рахъалъ\nгьоркьоблъи букӏинабизе къотӏиги\nгьабуна.\nДандчӏваялъул хӏасил гьабула-\nго, Гӏ. Гӏабдулмуслимовас баркала\nкьуна жидер гьабураб адабалъухъ\nва паркалъул нухмалъулезе сайгъат\nгьаруна Р. Хӏамзатовасул тӏахьал.\n«Хӏакъикъаталдаги, гьаниб хӏалтӏи\nгӏуцӏун буго тӏадегӏанаб даража-\nялда. Дагъистаналдаги жигаралда\nгӏуцӏулел руго индустриалиял техно-\nпаркал ва цебетӏезабулеб буго про-\nмышленность. Масала, цӏорол кла-\nстер. Гъоркьиса нижеца хӏалтӏизе\nбиччана цӏорол гарал хӏадурулеб цех.\n«Уйташалда» хӏадурула авиациялъе\nхӏажатаб къайи. Дида ракӏалде\nккола, кӏиязего рес бугин цоцазухъа\nдарсал щвезе, бугеб хӏалбихьиялдаса\nпайда босизе. Гьединлъидал гьарула:\nрачӏа нижехъе гьоболлъухъ», — ян би-\nцана ДРялъул премьер-министрас.\nМажлисалъул сенаталда\nГьебго къоялъ Гӏ. Гӏабдулмуслимов\nдандчӏвана Узбекистаналъул\nОлий Мажлис Сенаталъул (хадуб-\nккун – Мажлис) председателасул\nтӏоцевесев заместитель Содикъ Са-\nпоевгун.\nГьелда гӏахьаллъана Мажлисалъул\nХалкъазда гьоркьоселги къватӏисеб\nэкономикаялъулги бухьеназул ва\nкъватӏисел улкабаздаса инвестици-\nязулгун туризмалъул комитеталъул\nпредседатель Равшанбек\nГӏалимов\nва Мажлисалъул Гӏелмиялгун лъай\nкьеялъул ва сахлъи цӏуниялъул су-\nалазул рахъалъ комитеталъул пред-\nседатель Одилжон Иминов. Дагъи-\nстаналъул рахъалдаса дандчӏваялда\nгӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Со-\nбраниялъул председателасул заме-\nститель Камил Давдиевги, ДРялъул\nмиллияб политикаялъулгун диниял\nишазул министр Энрик Муслимов ва\nцогидалги.\nДандчӏваялда бицана Расул Хӏамзатовасул\nкъоял тӏоритӏиялда бан\nхӏадурараб программаялъулги, пар-\nламентазда гьоркьосел бухьенал\nкамил гьариялъулги, кӏиябго респу-\nбликаялда туризм, промышленность,\nросдал магӏишат ва цогидал рахъ-\nал церетӏезариялъе квербакъулел\nцадахъал тадбирал гӏуцӏиялъулги\nхӏакъалъулъ.\nМаданияталъ цолъизарула\nХалатбахъун хъатчӏвана Узбеки-\nстаналда Дагъистаналъул артистазе.\nГьайбатаб улка буго Узбеки-\nстан – такрарлъи гьечӏеб тӏабигӏатги,\nнекӏсияб, цогидазулалда\nрелълъинчӏеб\nмаданиятги, ракӏ разияб\nгьоболлъиги… Гьениве чанцӏулго\nщвана\nРасул Хӏамзатов.\nУзбекистаналъул\nхъвадарухъаби\nрукӏана\nгьесул гьудулзабилъун.\nГьединлъидалги\nбатила, кутакал-\nда разиго къабул гьаруна Дагъиста-\nналъул артистал Ташкенталда бугеб\n«Туркестон» абураб Маданияталъул\nгӏазухъахӏаб кӏалгӏаялда.\nГьениб букӏана «Расул Хӏамзатовасул\nиццал» абураб нилъер\nхӏаракатчагӏазул церерахъин.\nКонцерталде рачӏаразде хитӏаб\nгьабулаго, гьадин абуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас:\n«Нижеда лъала,\nРасул Хӏамзатовасул творчество\nУзбекистаналда\nкутакалда бокьулеб-\nлъи. Гьебги ккола нилъер халкъал\nгӏагарлъизарулеб хӏужа. Хӏамзатов\nвукӏана лъикӏлъиялъул вакил,\nхалкъияв\nдипломат. Гьев щвана\nгӏемерал бакӏазде, щвана Ташкен-\nталде, Бухараялде, Самаркандалде.\nУзбек мацӏалде буссинабун буго гье-\nсул «Дир Дагъистан» ва шигӏриял\nмажмугӏал. Гьевги Узбекистаналъул\nсоветияв, партиялъул ва пачалихъи-\nяв хӏаракатчи Шарап Рашидов гьу-\nдулзаби рукӏана. 1976 соналда Расул-\nги гьесул лъади Патӏиматги щвана\nУзбекистаналде. Нужер бакъулаб ва\nбаракатаб республикаялде гьабу-\nраб сапаралъул хӏасилалда шагӏирас\nхъвана адабияталъул тарихалда гу-\nчаб лъалкӏ тарал асарал», – ан.\nСодик Сапоевас баркала кьуна\nДагъистаналъул вакилзабазе: «Бар-\nкала Дагъистаналъе аваданаб байра-\nмалъухъ. Расул Хӏамзатовас кочӏолъ\nрецц гьабуна рахьдал мацӏалъе.\nЖакъа Узбекистаналъулги, Росси-\nялъулги, Дагъистаналъулги халкъал,\nнилъер улкабазул нухмалъулезул политикияб\nяхӏалъул кьучӏалда, цолъулел\nруго, гъункулел руго. Гьелъие\nнугӏлъи гьабула Дагъистаналда нилъ-\nехъе къиматал гьалбал рачӏиналъги»,\n– ян абуна гьес.\nШагӏирасул байрам кӏодо гьабу-\nлебщинаб бакӏалда гӏуцӏун букӏуна\nДагъистаналъул халкъияб устарлъи-\nялъул выставкаги. Гӏуцӏун букӏана\nгьеб Ташкенталдаги. Унсоколоса\nМухӏамад\nМухӏамадгӏалиевасул\nишан кьабизе бугеб гьунаралъ битӏахъе\nхӏайранлъизаруна гьелъухъ\nбалагьизе рачӏарал гӏадамал.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "rosabal-tohtural-giolel-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rosabal-tohtural-giolel-gechio", "title": "«Росабалъ тохтурал гӏолел гьечӏо»", "date": "2023-11-01 12:19:27", "categories": [], "text": "ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ тохтурзабигун фель- дшерал ахӏулел руго «Земский доктор» программаялда рекъон хӏалтӏизе. Медицинаялъул учреждениязде рикӏкӏадал росабалъе хӏалтӏизе унел ругони, цо миллионгун бащдаб тохтурзабазеги, 750 азарго гъурущ фель- дшеразеги кьолеб буго. Аскӏоса гӏебеде ругел районаздегун росабалъе унел ругони, цо миллион гъурущ кьолеб буго тохтурасе.\nГьедин бицана талат къоялъ «Дагправдаялъул» редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ. 2012 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб буго «Земский доктор» программа. Гьеб заманалда жанив, 2022 соналде щвезегӏан хӏалтӏудалъун хьезавун вуго 1800 чи. Жакъаги специалистал гӏолел гьечӏо ва хӏалтӏи къваригӏарал гьеб программаялда рекъон росабалъегун районазде хӏалтӏизе ин буго нижер мурад. Гӏолел гьечӏо гӏемерал батӏи-батӏияб специализациялъул тохтурал: педиатрал, реаниматологал, наркологал, кардиологал. Кинав специалист вугониги, гьесие хӏалтӏи буго гьабсагӏаталда Дагъистаналда.\nАслияб масъала ккола тӏаса бищараб районалде щуго соналъ хӏалтӏизе унел ругин къотӏи-къай хъвай. Цебе ригьалъухъ балагьулел рукӏарал ратани, гьанже гьелъухъги балагьулел гьечӏо. Гӏолохъанал, херал батӏалъи гьечӏого, хӏалтӏизе гъира бугев чи министерствоялде вачӏине бегьула. Гьениб нижеца гьесие кинабго баян гьабила, документалги цӏезарун, гьев чи бокьараб больницаялде, бо- кьараб росулъе хӏалтӏизе ина», — ян бицана министралъ.\nТохтурал гӏоларел районазда гьоркьор гьелъ рехсана Мухӏарамкент, Дахадаев, Табасаран, Дербент, Чӏарада районазулги, Хасавюрт, Гъизилюрт шагьаразул больницабиги.\nПатӏимат МУХӏАМАЕВА"}
{"slug": "bishhana-halkkveyalul-sovet", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bishhana-halkkveyalul-sovet", "title": "Бищана Халкквеялъул совет", "date": "2023-11-01 12:22:18", "categories": [], "text": "Республикаялъул бетӏерасул указалда рекъон, 2018 соналда гӏуцӏана Дагъистаналъул Промыш- ленность цебетӏезабиялъул фонд.\nФондалъул аслияб масъала буго Дагъистаналъул промыш- ленность цӏигьаби, цӏиял пред- приятиял рагьиялъе квербакъи, импорталъул бакӏалда нилъерго къайи хӏадуриялде ва предпри- ятиялда бищун лъикӏал техно- логиял хӏалтӏизариялде бизнес- меназулъ гъира базаби. Гьелъул мурадалда Фондалъ гӏарцудалъун хьезаризе ккола гӏелмиял цӏехрехазулги, хӏалбихьиязулгун кон- структоразулги хӏалтӏи ва конку- ренциялъе бажари-гьунар бугел предприятиял.\nГӏуцӏун букӏана Фондалъул хӏалтӏуда хадуб Халкквеялъул со- ветги. Гьал къоязда тӏобитӏана гьелъул данделъи. Гьеб нухда ба- чана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Ризван Гъазимухӏамадовас.\nДанделъиялъул аслиял масъалаби рукӏана: Халкквеялъул советалде цӏиял гӏахьалчагӏи тӏасарищи, Фондалъул Эксперти- ябги Къайимчагӏазулги советазда хиса-басиял гьари, аудиторазул гӏуцӏи тасдикъ гьаби ва Россиялъ- ул Кластеразулги технопарказулги ассоциациялда гъорлъе Фонд лъу- гьин.\nФондалъул нухмалъулев Камил Арсланбековас бицанихъе, ДРялъул Промышленносталъулги дармилги министерствоялъул про- граммабазда рекъон, Дагъиста- налда кватӏичӏого гӏуцӏизе буго цо чанго промышленнияб кластер: хьитал рукъиялъул, мебель гьа- биялъул, квас къачӏаялъул ва бакӏал раялъе хӏажатаб къайи хӏадуриялъул. Гьабсагӏаталда хӏажат буго гьел кластерал гӏуцӏиялъе кумекалъе ратулел правоялъул- гун нормативиял документал хӏадуризеги гьеб рахъалъ бугеб цогидазул хӏалбихьи лъазабизеги.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "palestinayalda-hurhun-niler-pachalihalul-va-respublikayalul-butiruzul-bugeb-oficzialiyab-pikru-nileda-lala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=palestinayalda-hurhun-niler-pachalihalul-va-respublikayalul-butiruzul-bugeb-oficzialiyab-pikru-nileda-lala", "title": "«Палестинаялда хурхун нилъер пачалихъалъул ва республикаялъул бутӏрузул бугеб официалияб пикру нилъеда лъала»", "date": "2023-11-05 15:19:07", "categories": [], "text": "Палестинаялда хурхун нилъер пачалихъалъул ва республикаялъул бутӏрузул бугеб официалияб пикру нилъеда лъала. Гӏайиб гьечӏел гӏадамазда тӏад гьабулеб зулмуги, магӏна гьечӏеб питна-кьалги лъугӏизе кколин ва жибго Палестинаялъги дунялалъул цогидал пачалихъазда гьоркьоб жиндирго къадруяб бакӏ кквезе кколин абураб пикру загьир гьабуна гьез. Гьеб пикруги сон ва жакъа бижараб гуро, анцӏ -анцӏ соназ хисичӏого рагӏизабулеб буго гьез гьеб дунялалдаго. Каспийскиялде, аэропорталде гьеб гъалмагъир гьабизе гӏолохъаби гъуна интернеталда нахъаги рахчун, «дида хъвагеги хъваши лъугӏугеги», — ян рукӏунел, нахъегӏанал хӏалихьатал чагӏаз. Гьединазе гьабулеб судги, тамихӏги кватӏи лареб батила. Кин бугониги, жидерго лъавукълъиялъул, гӏолохъанлъиялъул хехаб ццималда квелъ базе кӏоларого ккараб иш бугелъул гӏолохъабазухъа гьеб, гьезие гьабулеб тамихӏ цӏакъго къвакӏизабичӏого таниги бегьилаан букӏараб. Гьанже хадубккунги гьединал ургъичӏого гьарулел ишаздаса цӏуна-къазе нилъги цогидалги рекӏеда ратизе дарслъун хутӏаги гьеб.\nАхӏмад Лабазанов"}
{"slug": "nahegianab-pikruyalul-chagiaz-gusun-tiamun-garulel-mitingazdagun-akcziyazda-dandechiarazul-muhil-vugo-dungi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nahegianab-pikruyalul-chagiaz-gusun-tiamun-garulel-mitingazdagun-akcziyazda-dandechiarazul-muhil-vugo-dungi", "title": "Нахъегӏанаб пикруялъул чагӏаз гьусун тӏамун, гьарулел митингаздагун акциязда дандечӏаразул мухъилъ вуго дунги", "date": "2023-11-05 15:40:10", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Рамазан Гӏабдулмажидов, ДНЦялъул археологиялъулгун тарихалъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев.\nМахӏачхъалалялъул аэропорталда ккарал лъугьа-бахъинал киса-кирего рагӏана, гьелъ гӏураб\nахӏи-хӏур гьабуна республика бахун къватӏибехунги. Полициялъулгун би гӏодоб тӏурал тункагӏусиял ккана гӏолохъабазул. Гьеб буго нилъер республикаялда жамгӏиябгун политикияб ахӏвалхӏал хӏалуцинабизе, халкъалда гьоркьоб питнагун жахӏда-хӏусуд цӏикӏкӏинабизе мурадгун, ургъунго гьабураб иш. Жакъа Дагъистаналъул халкъалъул пикру буссун буго Палестинаялде. Гьенир расги гӏайиб гьечӏел диналъул вацазда тӏад гьабулеб вахӏшияб зулмуялъ курмул лъукъичӏев, гьеб пакъираб халкъалда ракӏ гурхӏичӏев чи нилъеда гъорлъ ватиларо. Гьеб кинабго бихьулеб буго цӏадабе нарт тӏезе къачӏан чӏарал провокатораздаги ва гьез питна боркьизабизе хӏаракат бахъулеб буго. Гьединаб иманкъосараб, нахъегӏанаб пикруялъул чагӏаз гьусун тӏамун, гьарулел митингаздагун акциязда дандечӏаразул мухъилъ вуго дунги. Гьединал хӏажат\nгьечӏел багъа-бачарияз, дир пикруялда, гӏаксалда, Палестинаялъулги цогидалги бусурбабазул пачалихъалда цебе нилъер къимат хвезабизе буго. Гьезие нилъ рукӏине руго щакаб пикруялъул ва тохал, иманги аслуги къосараб пикру-лъаялъул гӏадамаллъун. Я Аллагьасул диналда, я гӏаданлъиялъул нухалда дандекколареб хьвада-чӏвадиялъул рахъкколел гӏадамаллъун нилъ рукӏине дие бокьиларо. Дица рикӏкӏуна Гӏизраилалъул сионистазул хъубаб, нахъегӏанаб политикаялъул рахъкколел сионистазулги ва гьезул гӏадатияб халкъалъулги пикраби нилъеца ратӏа гьаризе кколин. Нилъго гӏадал гӏадатиял, квешлъи бокьуларел чагӏи руго Гӏизраилалъул халкъалда гъорлъги. Гьезги тӏалаб гьабулеб буго хӏажат гьечӏеб, вахӏшилъи цӏикӏкӏараб гьеб би тӏейги, гӏадамазда гьабулеб зулмуги къотӏизабейин Палестинаялдаян."}
{"slug": "ilbisal-malaralda-hadurgi-rillun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ilbisal-malaralda-hadurgi-rillun", "title": "Илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун", "date": "2023-11-05 15:47:07", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Мухӏамад Дудуев, Авар театралъул актер, жамгӏияв хӏаракатчи.\n— Къватӏисан гьусун тӏамулел гӏадамазул провокациялъулал къасдазда хадурги рилълъун, гьел гӏолохъабаз тӏоцебесеб иргаялда хвезабуна закон. Амма гьелъ гьезул я гӏаданлъиялъул, я намусалъул, ялъуни чилъиялъул рахъ — цонигияб борхизабичӏо, гьелъул гӏаксалда, хутӏа-хутӏарабги даража гӏодобегӏан гьабизе квербакъана гьеб ахӏи-хӏуралъ. Гьабуле-толелъул пикруги гьабичӏого, илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун, сахал гӏолохъаби гьанже ккана уголовияб статьяялде гъоркье. Гьезул эбел-инсуда ракӏ гурхӏизе бачӏуна, гьечӏеб бакӏалда рекӏел бакъвайги бетӏер унтиги щвана гьезие. Палестинаялда, гьезул халкъалдаги унго-унголъунги ракӏ гурхӏарал гӏадамал радакь рахъун мажгитазде гӏедегӏулел руго, гьезда тӏаса зулму босеян дугӏа гьабизе. Гьеб буго жакъа нилъер бищун кӏудияб ярагъги, къуватги, гӏакълу бугеб ишги. Рачӏа нилъ хадурккунги гьебго гӏакълуялда хадур рилълъинин, шайтӏаналъ малъарабги гьабун, ахир гӏалагъважаялде сверулеб ишалда гъорлъе лъугьинчӏого чӏелин ва Аллагьас кантӏиги къуватги кьеги щивас чиясе лъикӏабги квешабги батӏа бахъизе ва шайтӏанги рекӏелъ къезабизе."}
{"slug": "dir-czialdohan-zhaniv-gechieb-ruk-batize-gechio-hunzah", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dir-czialdohan-zhaniv-gechieb-ruk-batize-gechio-hunzah", "title": "«Дир цӏалдохъан жанив гьечӏеб рукъ батизе гьечӏо Хунзахъ»", "date": "2023-11-07 17:04:00", "categories": [], "text": "Лъималазул къадарги цӏикӏкӏун, кӏийиде бикьизе ккана нижер щуа- билеб класс. Гӏурус мацӏалъул дарсидаги кӏийиде рикьана ниж. «Атаева Маргарита Петровна» — гьадин хъван бихьана мугӏалимзабазул сияхӏалда. «Вахӏ, нилъер фамилия бугей, амма цӏарги отчествоги гӏурусал щийдай гьай?» – ан пикру гьабуна дица. Ва гьале нахъисеб къоялъ классалде жание лъугьун ячӏана, гьурма- да недегьаб гьими басандулей, хӏеренаб балагьиялъул мугӏалим – Мар- гарита Петровна. Гьелъ нижее цохӏо соналъ гурони дарс кьечӏо, амма щибаб гьелъул дарс жакъа гӏадин ракӏалда буго. Маргарита Петровнаялъ дарсал кьуна дир кӏодоэбелалъеги, хадуб ин- суеги ва гьале – гьанже диеги. Гьелдаса нахъе ана гӏезегӏан сонал. Амма Расулил «Вера Васильевна» рагӏидалги, Махӏачхъалаялда бугеб гӏурус учительницаялъе бараб па- мятникалда цевесан унагоги, дида пархан ракӏалде ячӏуна Маргарита Петровна. Пикру ккана гьелъухъе гьоболлъухъ ине.\n— Маргарита Петровна, дуца нижее гӏемер бицунаан дурго лъимерлъиялъул лахӏзатазул хӏакъалъулъ. Бокьилаан цоги нухалдаги гьеб заман ракӏалдещвезабуни.\n— Дун гьаюна Горький (гьанжесеб Нижний Новгород) шагьаралда хӏалтӏухъабазул хъизамалда. Гьенибго 10 классги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Кострома шагьаралда бугеб педагогикияб институталде. 10 сон барай чӏужу йикӏана дун Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб заманалда. Нижер хъизамалъеги гьел рукӏана цӏакъ захӏматал сонал. Къадги къасиги кьвагьи-гӏанхъи букӏунаан тӏаде ралел бомбабазул. Амма нижер шагьар кинго бахъизе кӏвечӏо. Дир кӏиго вацги гӏахьаллъана рагъда. Гьезул цояв рагъда чӏвана, цогияв рагъ лъугӏун кӏиго-лъабго сон индал, щварал ругъназул хӏасилалда къадаралде щвана.\n— Учителасул пиша тӏаса бищизе кинха дур пикру ккараб?\n— Дир эбел-эмен рукӏана заводалъул гӏадатиял хӏалтӏухъаби. Гьезул цӏали-къалиги букӏинчӏо. Эбелалъул кӏудияб анищ букӏана ниж цӏализе лъугьине. Диего бокьана гӏурус мацӏалъул учительлъун яхъине. Гьедин, университет лъугӏигун, рикьа-къотӏиялъул хӏасилалда ккана дун Дагъистаналде. 1953 соналдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегӏан гьанийго хутӏанаха дун (елъулаго).\n— Дагъистаналде ине дуегойищ бокьараб?\n— Дир рес букӏана Казахстан, Сибирь ялъуни Кавказ тӏасабищизе. Дие щаялиго Дагъистаналде ине рекӏее къабуллъана. Гьитӏинго кинофильмазухъги балагьун, Кавказалъухъ рокьиги ккун йикӏарай дие, гьале рес щвана гьение хӏалтӏизе ине. Гьедин ккана дун Махӏачхъала шагьаралде, Лъай кьеялъул министерствоялде. Гьениб бихьизабураб чанго районалда гьоркьоса дицаги дир гьудулалъги тӏасабищана Хунзахъ район. Гьеб букӏана 1953 сон. Ниж рачӏунел ругин абун тел- ги кьечӏого, данде вачӏунев чиги ккечӏого, дунги гьудулги, ролъпурчӏина баччулеб трехтонка-машинаялде тӏадеги рахун, къокъана Хунзахъе. Гьедин щвана ниж Гӏараниб бугеб «Горянка» школа-интернаталде. Гьений дун хӏалтӏана кӏиго соналъ, хадуй лъикӏай учитель хӏисабалда дун ячана Хунзахъе. Хунзахъги кӏиябго школалда хӏалтӏана. Кӏиабилеб шко- ла рагьулелъул, мунагьал чураяв Ясулов Хӏажица гьение ячана дун. Дир гьудулин абуни, цо лъагӏалица Хунзахъги хӏалтӏун, тӏадюссун ана. Дир вукӏинесев бетӏергьанчи – Махӏач Атаевас гьелъие открепление кьуна. Дунин абуни, гьесие росасе ана. Доб мехалъ дов районоялда хӏалтӏулаан. Хадуб ниж гӏемер унаан Горькиялде гьелъухъе щвезе.\n— Магӏарухъе – Хунзахъе унелъул, кинал пикрабигун нуж къватӏире рахъарал? Хӏинкъи-къайго букӏинчӏищ, чияр бакӏалде унелъул? Кин нуж къабул гьарурал? — Нижее бачӏинахъего интернаталда цо рукъ кьуна. Гьенир рукӏана лъабго ясги цо гӏолохъанчи Павликги – киналго гӏурус учительзаби. Жанахӏалъувги вукӏун, ворчӏухъан гӏадин, нижее цӏуна-къай гьабун вукӏунаан гьев. Анир ясал рикъулел рагӏулинги абун, кирего ниж щвезаризеги рачинеги вилълъунаан гьев. Хадуб, дирги Махӏачилгун лъай-хъвай ккедал, гьесги Гӏабдулатӏип Хӏамзаловасги (гьев хӏалтӏулаан районоялда), гьанжеялдаса нахъе гьазул тӏалаб-агъаз жидеца гьабилинги абун, гьев Павлик батӏияб бакӏалде вахъинавуна. — Тӏоцересел дарсал ракӏалда ругищ? Лъималаз кин нуж къабул гьарурал? — Киданиги кӏочонаро тӏоцересел къояз ккараб лъугьа-бахъин. Рагьун журналгун, цебесан гьелда лъималазул фамилиял ва цӏарал хъвалей йикӏана дун. Цо ясалда гьикъана дур фамилия щибан. — Мухӏамадова, — ян абуна гьелъ.\n— Цӏар? — Написат. — Не надо писать, я сама напишу. Ты скажи, как тебя зовут, — ян абуна дица, гьелъие жиндицаго хъвазе бокьун бугинги ккун. — Написат. — Я поняла, что ты умеешь писать. Как тебя зовут? — Написат.\n— Ладно, потом поговорим с тобой, — янги абун, гӏодой чӏезе йитӏана дица гьей яс. Хадуб, Написат абураб цӏар букӏунеблъи лъайдал, релъиларищха ниж. Вай, гьел лъималазе ниж рокьулел рукӏараб куц! Интернаталда рукӏана росабалъа ва районаздаса рачӏарал лъимал. Эбел-эмен аскӏорги гьечӏого, нижин абуни, гьез хьол- бохъа рорчӏизего риччалароан. Щиб букӏаниги бицеян гьардолаан, гьез- да цадахъ дарсалги гьарулаан, цадахъ кьижизеги рачунаан гьел ясаз ниж. Цебе лъималазул кӏудияб гъи- ра букӏана гӏурус мацӏ лъазабизе. Доб мехалъ гьанже гӏадал ресалги рукӏинчӏелъулха мацӏ лъазабизе.\nДир тӏоцерел цӏалдохъаби\n— Къахӏиса яцал Гӏабдурахӏмановазулги дирги нахъалъагӏан бухьен къотӏичӏо, гьел дихъе кидаго щвезе рачӏунаан. Амма, гьайгьай, цӏикӏкӏунисел дир цӏалдохъаби Хунзахъа рукӏана. Дир цӏалдохъан жанив гьечӏеб рукъ Хунзахъ росулъ батиларин ккола дида. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазулги нижедехун букӏана кутакалда лъикӏаб бербалагьи. Масала, чирахъалъе керосин босизе унаан ниж. Гьениб цӏакъ кӏудияб ирга букӏунаан, амма киназго ниж цере риччалаан. Гьединго, къваригӏараб-тараб цӏехон нижехъе рокъоре щвезеги рачӏунаан, щиб-щибниги босун. — Нужеего захӏмат букӏанищ магӏарухъ бугеб гӏумруялдеги гьа- ва-бакъалдеги ругьунлъизе? — Битӏун бицани, тӏоцебесеб заманалда ругьунлъуларого рукӏана. Рокъобе ракӏги лъун, ракӏбакъван рукӏунаан. Амма гӏадамазул хинаб бербалагьиялъ нижеда гьеб кинабго кӏоченабуна. — Махӏач Атаевасул Хунзахъ гӏемер бицуна, махщел тӏадегӏанав учитель хӏисабалда. Кин дурги гьесулги лъай-хъвай ккараб? — Гьев доб мехалъ хӏалтӏулев вукӏана районоялда. Цо нухалъ къасимехалъ клубалде концерталде ана ниж. Гьенив цо гӏолилав вукӏана бандурка хъвалев, ниж кьурдизе журана. Гьенир кьурдулаго тӏоцебе лъай-хъвай ккана Махӏачилгун. — Гьесул хъизамалда нус хӏисабалда кин мун къабул гьаюрай?\n— Гьезиеги дун рекӏее гӏуна. Тӏоцее Махӏачица дун гьение ячана гӏурус учитель йигинги абун, лъай-хъвай гьабизе. Гьесул эбел – Узлипати- ца дида абуна гьабсагӏат нилъеца чай гьекъезе бугин. Гьеб параялъго, бацӏцӏадги гьабун, чухӏа-кӏутӏизе букӏине ражидал бетӏерги кьуна. Дидайин абуни, бичӏчӏуларо чаялдаги ражиялдаги бугеб гьоркьоблъи. Гьединги, гъармухъчаялде гьоркьобе базе къваригӏун букӏун буго. Махӏачил эмен лъикӏаб хъулухъишалда вукӏана, гьединлъидал гье- зул хъизамалда гӏурус мацӏги лъикӏ лъалаан. Гьесул эбелалъе дун цӏакъ йокьулаан, кидаго адаб-хъатирги гьабулаан. Амма, дун ячинехъин йигин Махӏачица абидал, гьелъ абу- на, гьобол хӏисабалда къабул гьайилила, амма чӏужулъун ячине разилъиларин. Дуца гӏурусай ячине бокьиларин абуна гьелъ гьесда. Нагагь, дуца дида дандеги вахъун гьеб иш гьабуни, жий Цӏолбокьа гъоркье кӏанцӏизе йигин хӏинкъиги кьуна гьелъ. Гьезул рукъзалги битӏун кьурул рагӏалда рукӏана. Гьеб мехалъ Махӏачица гьелъие махсара гьабуна, хӏадурейила, жинца ячинила мун гьениса гъоркье кӏанцӏизайизе. Чӏечӏо Махӏач, гьей мукӏур гьайичӏого. Доб заманаялъ гьанже гӏадин батӏи-батӏиял миллатазулгун гьарулел ригьналги гӏемер рукӏинчӏо. Кӏиго-лъабго моцӏидасан гьелда гьеб кинабго кӏочон тана, дун гьелъие йокьана. Хасало гьелъ дун печь бакараб хинаб рокъой толаан, жийгойин абуни, квачараб рокъое унаан кьижизе.\n— Магӏарул мацӏ лъазабизе хӏа-ракатго бахъичӏищ дуца?\n— Битӏун бицани, лъазабичӏо. Гьелъие гьадинаб гӏиллаги букӏана. Хунзахъа Малахӏ абурав чиясе росасе ана цоги гӏурус учитель – Мария. Лъималгун цадахъ эбел-инсухъе щвезе гьей ингун, лъималазда цо рагӏи гӏурус мацӏалда абизабизе кӏун гьечӏо долда. Гьелъул эбел гӏодизе лъугьун йиго, жинца абураб жо бичӏчӏулеб гьечӏин гьездаян. Дунги щаялиго хӏинкъана, дир лъималги гьединго лъугьинин. Амма дир лъималазда кӏиябго мацӏ лъана. Щаялиго, дида аскӏоре ккаралги дида кидаго гӏурусалъ кӏалъалаан. Цогидаз бицунеб бичӏчӏула дида, амма дунго гаргадизе жеги хӏалбихьичӏо.\n— Маргарита Петровна, Хунзахъ хутӏиялдаса ракӏ бухӏанищ дур?\n— Дун кутакалда йохарай ва талихӏай йиго Бетӏергьанас дир къисматалда дие къачӏан батараб сайгъаталдаса. Дица Хунзахъ тӏалъи дирго кӏиабилеб Ватӏанлъун рикӏкӏуна, киналго хунз – гӏагарал чагӏилъун. Амма гьанже цӏикӏкӏиндал, ракӏ рокъобе Новгородалдеги цӏалеб буго. Бокьилаан, дирго лъимерлъи арал къватӏахъ сверизе, цо лахӏзаталъниги доб гьайбатаб заманалде, гӏурусаз абухъе, «в прекрасное далеко» тӏадюссине.\nГара-чӏвари гьабуна Мухӏамад МАНАПОВАС."}
{"slug": "tushbabazda-tarizarize-kiveze-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tushbabazda-tarizarize-kiveze-gechio", "title": "Тушбабазда таризаризе кӏвезе гьечӏо", "date": "2023-11-08 10:44:26", "categories": [], "text": "Жакъа Палестинаялъул ракьалда бугеб ахӏвал-хӏалалъ ва гьенир унел ругел вахӏшиял лъугьа-бахъиназ рахӏатхвезабун буго дунялалъулго махлукъаталъул. Гӏисинал-чӏахӏиязухъ балагьичӏого гъурулеб буго халкъ. Гьениб бугеб зулму чӏезабеян ахӏи барал данделъаби тӏоритӏулел руго гӏемерал пачалихъазда. Хӏатта цо-цо жугьутӏазул къокъабицин къватӏире рахъунел руго рагъ лъугӏизабеян. Муъминзабазул ярагъ — дугӏа бугин абулелъул, гъурулеб бугеб динцояб агьлу тушманасул зулмуялдаса цӏунеян Аллагьасде гьаризе мажгитазде хьвадулеб буго Дагъистаналъул халкъги. Гъазаялда бугеб ахӏвал-хӏал нилъер щивасул рекӏелъ-къан букӏиналъул бицунеб буго ахирал къоязда республикаялда лъугьа-бахъаралъги. Цин Хасавюрталда пуланаб гостиницаялда жугьутӏал рещтӏун ругин абун гьелъул азбаралде ракӏарана нус-нус ракьцоял. Хадусел къоязда Тель-Авивалдаса бачӏараб самолеталда согӏаб дандчӏвай гьабизе Махӏачхъалаялъул аэропорталдеги щвана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун дагъистанияв. Хасавюрталда букӏараб багъа-бачари низам цӏунулел идарабазда хехго гӏодоцинабизе кӏвана. Аэропорталде ракӏараразин абуни гӏадлу хвезабуна, сверухъ бугебги бека-биххун, щивго виччалареб самолетал рещтӏунеб бакӏалдецин щвана. Кӏиябго акцияги букӏана республикаялъул нухмалъиялда дандбачӏеблъун. Гӏадамазул рекӏел хӏалги, диналъул вацаляцазул, гурхӏел тун чӏвалел лъималазул гьезие бугеб ургъелги — кинабго бичӏчӏула. Амма дагьаб сабруги букӏине ккола. Гьеб кколелъулха Алжаналъул кӏуллъун. Гьел тадбиразда гӏахьаллъаразе бокьун букӏун батила Дагъистан Гъазаялда унеб чӏвадарухъанлъиялда данде букӏин загьир гьабизе. Гьедин абизе ва ахӏи базе лъицаго гьукъун гьечӏо. Гьелде тӏадеги Россиялъул президент Владимир Путиница гьеб тункагӏусиялда Палестинаялъул халкъалъул рахъкколеб буго. Гьедин букӏаго, Западалъул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел телеграм-каналазда бахъинабураб ахӏиялда хадурги рилълъун нилъерго аэропорталда гъалмагъир гьаби гьеб битӏараблъунги кинха рикӏкӏинеб. Битӏараб гьечӏо пуланаб къокъаялъул макру тӏубараб миллаталъул гӏайиблъун чӏезабиги. Жугьутӏазда гьоркьорги ругелъулха, цебехун абухъе, Палестинаялда лъугьа-бахъунелда дандечӏарал гӏадамал. Лъица щиб бицаниги, гьел лъу- гьа-бахъинал ккун руго. Амма гьанжеги нилъ, тушбабазе рекӏехъе, цоцалъ къацандун бегьиларо. Аэропорталда гъалмагъир гьаби, интернеталдасан рагӏарал харбазда божи — гьеб лъикӏ гьечӏо. Законалда рекъон тамихӏ гьабичӏого жавабиял идарабаз теларо. Амма дуниялго гьезда тӏад цузабизеги бегьиларо. Кин букӏаниги, гьел кколелъулха диналъул вацал-яцазда ракӏунтун къватӏире рахъарал чагӏи."}
{"slug": "nil-dagistaniyal-czo-halk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nil-dagistaniyal-czo-halk", "title": "«Нилъ дагъистаниял — цо халкъ»", "date": "2023-11-09 13:26:58", "categories": [], "text": "Кӏиабилеб ноябралда Махӏачхъалаялъул «Гьудуллъиялъул рокъоб» тӏобитӏана «Миллатазда гьоркьоб ракълие ва разилъиялъе гӏоло» абураб конференция. Гьенир гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Сергей Меликов, ДРялъул муфти, шайих Ахӏмадапанди Гӏабдулаев, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, рухӏиял церехъаби, батӏи-батӏиял идарабазул вакилзаби, гӏолилал ва журналистал. Аэропорталда ккараб лъугьа-бахъиналъ жамгӏияталда гьоркьоб ургъел чӏвазабун буго, гьелда тӏасан суалалги гӏемер руго. Конференциялъул гӏахьалчагӏазул рахӏатхвезабун бугоан, гьеб лъугьа-бахъиналъ миллатазда ва диназда гьоркьоб бугеб ракълие ва разилъиялъе зарал гьабилин абун. Палестинаялъе кумек гьабизе бокьараз ракъли лал акциял дандги ран, законалда рекъон, тӏоритӏани лъикӏ букӏинин абуна республикаялъул бетӏерас. Къварилъиялда ругезе квербакъизе Муфтиятгун ва гурхӏел-рахӏмуялъул фондалгун хӏалтӏизе бегьилин тӏадеги жубана гьес.\nАэропорталда ккараб гъалмагъиралъулъ гӏахьаллъаразе кинаб тамихӏ букӏине бугебалиги бицана республикаялъул бетӏерас:\n«Гӏайибиязе кколеб тамихӏ гьа- бизе буго. Гьениве тохлъукьего ва ургъел, хӏисаб гьабичӏого ккарасе рес кьезе ккола гьединаб пиша тӏокӏаб такрар гьабичӏого тезе ва гьабуралъул хӏисаб гьабизе». ДРялъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевас киназдего хитӏаб гьабуна: «Нуж рукӏунге сверухъ бугелъул ургъел гьечӏеллъун. Жакъа кколеб бугеб жо нужеда хъвазе гьечӏин ракӏалде ккоге. Нужерго лъималгун кӏалъай. Митингаз лъикӏалде рачунаро», — ян.\nМуфтияс лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго аэропортал- да ккараб гъалмагъиралъулъ гӏадамал сабруялде ахӏаралъухъ ДРялъул гӏолилазул ишазул министр Камил Сагӏидовасеги миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовасеги шапакъатал кьезе. «Лъие букӏаниги нилъ рикьрикьизаризе бокьаниги, гьезухъа гьеб бажаризе гьечӏо. Щайгурелъул нилъ руго цогояб халкъ, нилъ руго дагъистаниял.\nКинал- го миллатаздехун, тӏолалго диназдехун лъикӏаб бербалагьиги буго нилъер, щайгурелъул гье- динаб амру гьабун букӏана нилъеде Мухӏаммад аварагас (с.гӏ.в.). Нилъеца улкаялъул президентасулги рахъ ккола, щайгурелъул гьес тӏолабго дунялалъул бусурбабазул рахъ кколелъул», — ан абуна Ахӏмад-апанди Гӏабдулаевас.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "milliyab-politika-czebetieyale-tadbiral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=milliyab-politika-czebetieyale-tadbiral", "title": "Миллияб политика цебетӏеялъе тадбирал", "date": "2023-11-09 13:29:36", "categories": [], "text": "Гьал къоязда Москваялда унел руго политикияб ва миллияб рахъалъ кӏвар цӏикӏкӏарал тадбирал. «Россиялъул халкъазул жамгӏиябгун пачалихъияб гӏуцӏиялъул» тӏоцебесеб съездалде хӏадурлъулаго, Россиялъул субъектаздаса рачӏарал вакилзаби жакъа дандчӏвана «Россиялъул халкъазул гьудул- лъиялъул рукъалъул» ва улкаялъул Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулелгун. Гьениб кӏвар буссинабуна халкъазда гьоркьосел миллиял суалазде. Киназулго кӏалдиб буго Махӏачхъалаялъул аэропорталда ккараб лъугьа-бахъин. Гьелда бан тӏобитӏараб хасаб данделъиялда Россиялъул президент В. Путиница загьир гьабуна рекъел цӏунизе кколин абураб пикру.\nМиллияб политикаялъул Стратегиялда хиса-басиял гьариялъул суалалда хурхун жакъа Жамгӏияб палатаялда тӏобитӏана данделъи. Гьениб дица гьабуна халкъазул миллиял мацӏал, адабият лъазабиялде жавабчилъи цӏикӏкӏинабизе кколин абураб магӏнаялъул кӏалъай. Гьелъул рахъккуна Коми-Пермяцк автономияб округалъул, Гъарачаево-Черкесия ва Осетия республикабазул вакилзабаз, Россиялъул Жамгӏияб палатаялъул комиссиялъул нухмалъулев Владимир Зориница ва РФялъул Президентасда цебе гӏуцӏараб Миллияб политикаялъул советалъул член Светлана Смирновалъ.\nГьал къояз Москваялда тӏобитӏизе буго Россиялъул халкъазул форумги. Рехсарал тӏолгороссиялъул чӏахӏиял жамгӏиял тадбиразул ас- лияб магӏна буго «2025 соналде щвезегӏан Россиялъул пачалихъияб миллияб политика цебетӏезабиялъул хӏакъалъулъ» абураб Стратегия кинаб даражаялда гӏумруялде бахъинабулеб бугебали мухӏкан гьаби ва хадубккун гьеб рахъалъ тӏуразе кколел масъалабазул халгьаби.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "parahaliyalul-haravulluda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=parahaliyalul-haravulluda", "title": "Парахалъиялъул хъаравуллъуда", "date": "2023-11-09 13:37:30", "categories": [], "text": "Россиялъул солдат, улкаялъул вас, Аслан, дур гьунараз хӏайран гьаюна. Ватӏаналъул гӏузру дурголъун тарав, Дагъистаналъул цӏум, чӏухӏула жакъа. Ватӏан цӏунулезул кьеразулъ дуца Дагъ- истаналъул гуч бихьизабуна. Жеги гӏолилазе мисаллъунги мун, гӏагараб ракьалъул мустахӏикъав вас. Гьанже заманалъул бахӏарзазда гъорлъ багьадурлъиялъул цӏар хъвана дуца. Лъебелазул ва- сас бихьизабуна кьучӏал умумузул ирсилав вукӏин. Цохӏо Ватӏаналъул лъимал ругилан нахъеги ахӏана мугӏрузул васас. Аваристаналъул тарих цӏилъизе, дур къохӏехьеялъги лъалкӏ толеб буго. Дудаса рохарал лъимал рихьидал, рекӏей гьабун тараб берцинаб асар. Жидер дада бищун лъикӏав вугилан, ахӏи гьез балелъул, магӏу гирана. Россиялъул солдат, улкаялъул вас, тӏадегӏанлъиялъул тӏогьазда вугев. Къиматаб ракьалъул къадру тӏокӏав вас, Аслан, дуе икъбал гьарулеб буго.\nЖакъасеб къоялъул бахӏарзал\nЩалха гьел кколел жакъасеб къоялъ- ул бахӏарзал? Гӏезегӏан руго гьел ракълилаб гӏумруялдаги. Амма жакъа бахӏарчиясул цӏар бахъиндал, бищун цебе нилъеда ракӏалде рачӏуна СВОялъул бахӏарзал. Дагъистаналъул тарихалъул тӏехьалда цӏияб къиса хъвалел ругел гьезул щивав мустахӏикъав вуго бищунго тӏокӏал ва берцинал рагӏабазе.\nБокьула гьел ри-хьизе, гьелгун дандчӏвазе, гьезухъ гӏенеккизе. Нижеца гьел ахӏула редакциялде, хъвала гьезул гьунаразул хӏакъалъулъ. Гьаб нухалда иргадулаб дандчӏваялде ахӏун вукӏана Лъаратӏа районалдаса Аслан Къурамухӏамадов. Чӏагоял бахӏарзал. Унго-унгоги, гьезда берчӏвайдал, рекӏелъе бачӏунеб чӏаголъиги. Нилъго гӏадал гӏадатиялги руго гьел, гӏамал берциналги руго гьел…\nАмма ватӏаналде къо ккедал, ахир кинаб ккелебалиги пикруги гьабичӏого, гьелъул ахӏи къабул гьабурал гӏажаибал гӏолилал. Аслан лъалалдего, лъалеб букӏана дида гьесул рагъулаб къисмат. Гьесул хъизамалъухъе Махӏачхъалаялъул бетӏер Юсуп Умавов щвараб видео бихьидал, бичӏчӏана дида Асланица жиндирго къисматалда рикӏарал бахӏарчилъиялъул ишанал борхалъуда рукӏин. Гьединго бихьана РГВКялъул телеведущая Хатимат Мухӏамадовалъ гьесул хӏакъалъулъ бахъараб фильмги.\nЦохӏо Эбел-Ватӏаналъул лъимал\n2022 соналъул октябралда «Ахмат» спецназалда цадахъ Аслан Къурамухӏамадовги ана жиндиего бокьун СВОялда гӏахьаллъизе. Гьев ккана Луганск областалде.\n— Тӏоцебесеб къоялдасаго байбихьана нижер рагъулаб гьудуллъи. Гьениб букӏана гӏицӏго цохӏо миллат – Россиялъул лъимал. Унго-унгоги, рагъулаб гьудуллъи букӏун бугеб хирияб. Гьитӏинабго чадил кесекгицин бащад гьабун бикьулеб, ватӏаналде бугеб рокьиялъ цолъизарурал, тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ракӏал цӏурал, цохӏо къисмат бугел гӏолохъабазул гьудуллъи. Гьедин букӏинчӏебани, ракьги бухъун, гьенир гьарурал «рукъзабахъ» регарахъун рукӏарал нижее бецӏал сардалги гвангъилароан. Гьелъго ккун рукӏун ратила ниж. Гьеб киналдего тӏадеги — цого пикрабиги, цого мурадалги, анищалги цого рукӏана нижер – Ватӏаналъул гъасда даим бакараб цӏаялъул гвангъиги, хинлъиги, кунчӏиги цӏуни. Амма… кутакалда захӏмат букӏана гьудулзаби ками. Чан магӏу гирараб гьезул жаназабазде. Гьеб букӏана цӏакъго гъваридаб пашманлъи. Гьединал лахӏзатаз гӏумруги кӏочон толаан, гӏагараб Дагъистаналъул сипатги тӏамулаан цебе. Чан лъукъарасе гьабизе кка- раб кумек. Нижер щивав хӏадур вукӏана цогидазе гӏоло гӏумру кьезе. Гулбузул цӏад хьолбохъ балеб бугониги, ургъел букӏунароан — нижеца лъукъаралги чӏваралги гъоркь тезе бегьуларон. Гьединаб букӏана рагъулаб гьудуллъиялъул багьаги къуватги, — ян бицана Асланица.\nУлкаялъул къисмат кодосел васазул гьа\n— Апди Алавудиновги гӏемер вачӏунаан нижехъе. Кӏудияб божилъигун ва хьулгун ралагьулаан ниж гьесухъ, — илан цӏидасанги бицине байбихьана Асланица, – гьев вукӏана унго-унгояв бихьинчиги бахӏарчиги. Жиндирго каламалдалъун гьесда кӏолаан анцӏила микьилъ ругел гӏолохъабазул гӏумруялде рокьи тӏадбуссинабизе. Чан нухалда дандчӏварав хвелгун. Амма гьел лахӏзатазгицин кӏочонеб букӏинчӏо Ватӏаналде рокьи аслияб букӏин. Гьедин букӏана нижер щивасулъ беролеб цӏаялъул ахӏи – ватӏаналде — рокьи, тушманасде – ццин. Нилъер бахӏарчиял умумуз цӏунизе кьураб Ватӏаналъул къисмат нижер щивасда бараб букӏана. Гьеб бичӏчӏулаан нижедаги. Щиб жо, масала, дие кколеб Ватӏан – эбелалъул кечӏги, инсул кьвариги, хъизанги, талихӏалъул гараллъун дие ругел лъималги, Дагъистанги, Россияги. Гьеб кинабго букӏине гьечӏо кӏудияб Россиялъул гъасдаги гӏодобе биччай гьечӏони. Дие дагьабги хиралъана Ватӏан гьеб ункъо моцӏида жаниб. Бичӏчӏуларебги бичӏчӏана – ватӏан гьечӏони, гьечӏо гӏумруги.\nТӏоцебесеб къоялдасаго байбихьана нижер рагъулаб гьудуллъи. Гьениб букӏана гӏицӏго цохӏо миллат – Россиялъул лъимал. Унгоунгоги, рагъулаб гьудуллъи букӏун бугеб хирияб. Гьитӏинабго чадил кесекгицин бащад гьабун бикьулеб, ватӏаналде бугеб рокьиялъ цолъизарурал, тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ракӏал цӏурал, цохӏо къисмат бугел гӏолохъабазул гьудуллъи.\nВатӏаналъе бараб гьаялъе ритӏухъавлъун вукӏине бажари ва хутӏи — гьединаб букӏана щивав солдатасул рекӏел ахӏи, — янги абун, угьун биччана Асланица… Унго-унгоги, гьел лахӏзатаз щибдай гьесда цебе бачӏараб – чӏварал гьудулзабазул сипатдай? Гьесдаго цадахъ дунги лъугьана дирго пикрабазулъе. Цебе чӏезабулеб букӏана ракълилаб гӏумру гӏуцӏизе рижарал дир Ватӏаналъул васазул кьварараб ва къвакӏараб гӏамал-хасият. Асланихъги ялагьун, чухӏизе бачӏунеб букӏана дида – гьавги кколелъул жакъасеб бахӏарчилъиялъул вакил. Гьале дол дир мугӏрузул васал, жакъаги нилъер парахалъиялъул хъаравуллъуда ругел. Гьединал пикрабазда дун йикӏаго, кӏалъан ячӏана дихъе Залму Батирова, заман батани, жиндир кочӏохъ гӏенеккиларищилан. Хъвалеб бугеб темаялъе цӏакъго дандеккараб кечӏ батидалги, Асланицаги гӏемер бициндал чӏварал гьудулзабазул, бокьана гьеб гьаниб лъе зеги:\n— Санайил ихдаде хириял мугӏрул Харайдухъ жемидал, руссина ниж тӏад.\nОрденахъ хвезеян арал рукӏинчӏо, Ун рукӏана, бокьун ватӏан цӏунизе.\nМугӏрул чӏван къункъраби роржунеб мехалъ, Халгьабе хьвагӏулел нижер куркьбазухъ.\nНиж хвечӏо, ниж чӏаго рукӏине руго — Ватӏан хириязе хвел букӏунаро.\nГӏолохъанал лъудби, хириял улбул, Гӏайиб чӏваге – кьураб рагӏи хисана.\nРекӏкӏаб жо батана чарамул гулла, Макьилъ щвела гьанже цо-цо нужехъе.\nВатӏаналде тӏаде къо ккараб мехалъ, Къан борчун букӏана черхалда ярагъ.\nГьеб цӏаруй бухьараб сапар букӏинчӏо, Гьеб налъуй гьабураб нигат букӏана.\nИна сонал. Сверила ихал. Асланилги гьев гӏадал аза-азар гӏолилазулги цӏарал цӏунун хутӏила нилъер Ватӏаналъул тарихалда. Улкаялъул хадусеб къисмат кодосел гьез бараб гьаялъул багьа цӏакъго хирияб ва тӏадегӏанаб буго. Гьанибго рехсезе бокьун буго цоги хӏикматаб лъугьа-бахъиниланги абун, цӏидасанги гарачӏваризе лъугьана Аслан:\n— Рагъул цересел кьеразда ругел ниж радалго гьужумалде ине кколаан. Берцинго цебехун унеб букӏараб машина, щибго гӏиллаго гьечӏого, чӏана. Машинаялъуса къватӏиреги рахъун халгьабуниги, жагъаллъараб жоги батичӏо. Щиб гьабилебали лъаларого, чӏун хутӏун рукӏана ниж. Ва цо заманалдасан ниж щвезе кколеб рукӏараб бакӏалде тушманасул рахъалдасан базе лъугьана гуллаги, бахъана квешаб гьаракьги кьвагьиги… Гьеб заманалде гьеб кьвагьи бахъараб бакӏалда рукӏинеги кколаан ниж. Кьвагьа-гӏанхъиги лъугӏана, машинаги, жибго билълъине лъугьараб кинигин, цебехун ана. Бихьулищха Тӏадегӏанав Аллагьасул кумекалдалъун ниж хвалдаса хвасарлъараб куц.\nЦӏияб талихӏалъул кунчӏиялъухъе\nИргадулаб рагъулаб тунка-гӏусиялда лъукъана Аслан. Ункъо моцӏ бана гьес госпиталалда. Гьабуна чанго операция.\nТӏубана Асланицаги Ватӏаналде цебе жиндирго налъи. Цӏидасанги ялагьана дун Асланил цӏияб талихӏалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеороликалъухъ: Жиндир дада дунялалдаго бищунго лъикӏавилан гӏаламалъего ахӏулей гьитӏинай яс каранде къалев гӏолохъанав эмен вихьидал, рухӏдаллъизе бачӏана. Гьале доб – Асланил хъизамалда кунчӏараб цӏияб талихӏ — гьесул къисматалъул бахӏарчиял тӏанчал. Биччанте гьелъул кунчӏиялъухъе гьеб гъанситохъ данделъизе гӏицӏго рокьиги берцинлъиги. Гьадинаб буго Россиялъул солдат, Дагъистаналъ- ул вас, Бихьинчилъиялъул ва Къадировасул орденазул кавалер, Лъаратӏа районалъул Гъоркьноб (Гортноб) росулъа Аслан Къурамухӏамадовасул къисматалъул къиса. Жакъасел гӏолилазул хӏакъалъулъ щиб пикру дур бугебилан гьикъидал, гьадин абуна Асланица:\n— Нилъер гӏолилал руго лъикӏал, къохӏехьейги бахӏарчилъиги бидулъ бессарал. Хасго гьеб загьирлъана, бихьана, Ватӏаналде къо ккедал. Нилъее умумуздаса ирсалъе щвараб гьеб бечелъи нилъе- цаги хадусел гӏелазухъе кьезе ккола. Дун божула жакъасел гӏолилазда. Гьелгун цадахъ Дагъистаналъул букӏинесеб къисмат талихӏаб букӏиналдаги божула дун. Дица гӏолилазе гьарила сабруги, ритӏухълъиги, гӏакъиллъиги. Гьеб кинабго цадахъ гьезул пикрабазулъ хӏалтӏани, Аллагьасдаги ватӏаналдаги цере къадруяллъун хутӏизе руго.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "sergej-melikov-kurab-ragii-kkveze-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=sergej-melikov-kurab-ragii-kkveze-kkola", "title": "Сергей МЕЛИКОВ: «Кьураб рагӏи кквезе ккола»", "date": "2023-11-11 14:06:17", "categories": [], "text": "Гьал къоязда социалиял объектал раялъул хӏакъалъулъ бицараб чанго данделъи тӏобитӏана республикаялъул нухмалъулес\n198 социалияб бакӏ – планалда\nХамиз къоялъ Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовас тӏобитӏана 2024-2026 соназда социалиял объектал раялъул хӏакъалъулъ бицараб данделъи.\nДагъистаналъул районаздегун росабалъе гьарурал сапаразда, жамагӏатазулгун дандчӏваязда лъала щиб районалда, кинаб росулъ школа, ясли-ах, ФАП, нухал, гӏолел-гӏоларел рахъал ругелали.\nДагъистаналъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, киналго идарабаз кьуна разе кколел бакӏазул сияхӏ. Гьениб буго 198 социалияб бакӏ, гьелъие хӏажалъулин 73 миллиард гъурущин абуна хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьер Манвел Мажонцица. Цебе-хадуб кинаб базе бугеб, сундасан байбихьизе бугебали халгьабизе кколинги абуна гьес.\n«Цо росулъ школа бан батани, гьенибе газ бачин тӏоцебесеб бакӏалда букӏине ккола. Цоги росабалъ спортивиял кӏалгӏаби хӏажат ратани, гьел хадусеб иргаялда тезе бегьула. Киналго тӏаде росарал бакӏал ран лъугӏизаризе ккола. 2024 соналда цебечӏараб масъала буго, разе байбихьарал бакӏал рагӏалде рахъинари», — ян лъазабуна С. Меликовас.\nМинистерствабазул нухмалъулез бицана жидедаго цебечӏараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Масала, ДРялъул бакӏал раялъул министр Артур Сулеймановас бицана гӏагарал соназда, аслияб къагӏидаялда, лъай кьеялъул бакӏал разе ругин абун. Кинабниги 86 социалияб объект буго гьал соназ хӏалтӏи гьабизе планалде босараб. Гьезда гьоркьоса 49-ялда хӏалтӏаби гьаризе байбихьизе буго. Цин генералияб планги бугеб, ихтияр кьолел документалги ругел бакӏал раялде кӏвар кьезе бугин абуна Минстроялъул нухмалъулес.\nДагъистаналъул бетӏерас абуна, социалиялги экономикиялги рахъал кьочӏоеги росун, шагьараздаги росабалъги гӏумру цадахъ це бетӏолеб хӏал гьабизе кколин\n— Социалияб рахъалдаго цадахъ промышленнияб рахъалдеги кӏвар кьезе ккола. Масала, цере росабалъ рукӏана росдал магӏишаталъулги промышленниялги предприятиял. Гьениб магӏишатги цебетӏолаан, хӏалтӏизе бакӏалги рукӏунаан. Дербенталда букӏана лъабго консервазул завод. Гьенибе нигӏмат баччулаан тӏубараб Юждагъалдасаго. Жакъайин абуни гьениб цониги гьеб тайпаялъул бакӏ хутӏун гьечӏо, — ян абуна ДРялъул бетӏерас.\nМугӏрузул районазда лъай кьеялъул бакӏал разе кӏвар букӏиналъул бицунаго, гьес ракӏалде щвезабуна Цмур росулъ меценатас, гьанжесел тӏалабазда дандекколеб, школа ва общежитие банин абун. Гьеб дагьаб гӏатӏид гьабидал, аскӏор ругел росабалъаги лъимал цӏализе рачӏине рес бугин гьеб школалдеян абуна Меликовас.\nДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ бицана министерствоялъ гьабулеб ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул.\n«Ахти росулъ музей къачӏазе буго, гьеб туристазе бокьулеб бакӏлъун лъугьине ккола. Гьединго Махӏачхъалаялда бугеб Рагъулаб реццалъул музей къачӏаялъеги дизайн-проект хӏадурун буго. «Культурная среда» федералияб проекталда рекъон Дагъистаналъул изобразительнияб искусствоялъул музеялдаги капремонт гьабизе буго», — ян бицана министралъ.\nСахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ бицана ДРялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, разе ругел, къачӏазе кколел сахлъи цӏуниялъул учреждениязул хӏакъалъулъ план хӏадурун бугин абун.\nКиналъулго хӏасилги гьабун, тӏаде росарал социалиял объектал раялъул план хӏадуризе кколин лъазабуна С. Меликовас. Гӏадамазе кьураб рагӏи кквезе кколинги бичӏчӏизабуна гьес данделъаразда\nШколал ва ясли-ахал\nАрбагӏ къоялъ тӏобитӏараб данделъиялда Дагъистаналъул бетӏерас борхараб аслияб суал букӏана 2023 соналъул ахиралде щвезегӏан школал ва ясли-ахал ран рагӏалде рахъинариялда хурхараб.\nДанделъиялда гӏахьаллъи гьабуна министерствабазул вакилзабаз, районазул нухмалъулез, хӏалтӏи тӏаде босарал гӏуцӏабазул нухмалъулез.\nДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялъул баяназда рекъон, «Демография» ва «Лъай кьей» миллиял проектазда рекъон, 65 лъай кьеялъул объект (54 школа ва 11 ясли-ах) бан рагӏалде бахъине ккола исана сон лъугӏилалде.\nАртур Сулеймановас ва «Аслияб бакӏал раялъул хасаб управление» ФГУПалъул нухмалъулев Ахӏмад Дибировас щибаб объекталда хӏалтӏи унеб куцалъул бицана.\n12 школа ва ясли-ах нусабго проценталъ лъимал къабул гьаризе хӏадурун бугин абизе бегьула. Киналго бакӏал разе тӏаде росун руго хасаб управлениялъ ва харж гьабизе буго 700 миллион гъурущин абуна министрас.\nа министрас. Гьединго гьаб соналъул ахиралде ихтияр щвезе ккола 1450 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб анкьго школа ва 430 лъимералъе бакӏ бугеб ункъо ясли-ах базеги.\nТабасаран, Мухӏарамкент районалда, Къоркъмасхъалаялда, Цӏумада районалъул Тӏисси росабалъ школал разе руго.\nРалел бакӏазда хӏалтӏухъаби гӏолел гьечӏолъиялъул суалги борхана данделъиялда. Тӏадеги гӏада мал росейин ва кӏиго сменаялъ хӏалтӏунги цӏараб болжалалда социалиял объектал ран рахъине кколин лъазабуна ДРялъул бетӏерас.\nП. МУХӏАМАЕВА"}
{"slug": "mariupolalda-halkazul-czoli", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mariupolalda-halkazul-czoli", "title": "Мариуполалда халкъазул цолъи", "date": "2023-11-11 14:08:56", "categories": [], "text": "Гьал къоязда Хьаргаби районалъул бетӏерасул заместитель Асхӏабгӏали Маликов щвана Донецкиялъул халкъияб республикаялде. Россиялъул халкъал цолъиялъул къо кӏодо гьабуна ДНРалъул Мариуполь шагьаралда. Асхӏабгӏали Маликов гьениве щвана культурияб программагун. Гьесда цадахъ рукӏана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъаби, Гиннессил тӏехьалда цӏар хъварав Гӏумар Хӏанапиев ва цоцо кочӏохъаби.\nГьеб байрамалъулаб тадбиралде рачӏараз баркала кьуна дагъистаниязе, гьениб хъулухъ гьабулел ругел нилъер бахӏарчиял рагъухъабазе.\nМариуполалде цевеги чанго нухалда щун вукӏана Асхӏабгӏали Маликов. СВО байбихьаралдаса нахъе цӏиял регионазул шагьаразде ва нилъерго аскариязухъе чанцӏулго щвана Маликов гуманитарияб кумекгун. Ихдалги Мариуполалъул бетӏер Олег Моргуновгун дандчӏван вукӏана гьев ва республикаялъул рахъалдаса гьезие бажарараб кумек гьабуна\nРоссиялъул халкъал цолъиялъул къоялъул хӏурматалда А. Маликовас Мариуполалъул мэрасе сайгъат гьабуна буртина, бухари-тӏагъур ва ханжар\nАсхӏабгӏали Маликов исана цӏализеги лъугьана Мариуполалъул пачалихъияб университеталъул пачалихъияб ва муниципалияб нухмалъиялъул факультеталъул ма гистра тураялде. Гьев ккола гьеб университеталда цӏалу лев вугев Дагъистаналдаса тӏо цевесев студентги.\nП. СУЛТӏАНОВА"}
{"slug": "vatian-cziunulezulgi-cziune-tialabal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=vatian-cziunulezulgi-cziune-tialabal", "title": "Ватӏан цӏунулезулги цӏуне тӏалабал", "date": "2023-11-11 14:11:05", "categories": [], "text": "СВОялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьелда гӏахьаллъулел дагъистаниязул ва гьезул гӏага-божаразул хӏакъалъулъ бицунел тадбирал гӏезегӏан тӏоритӏула нилъер республикалда. Гьезул цояблъун букӏана ДРялъул Жамгӏияб Палатаялъул нухмалъулесул кумекчи Гӏалибег Гӏалиевасул хӏаракаталдалъун 8 ноябралда Гъизляр шагьаралда тӏобитӏараб данделъиги. Гьелда гӏахьаллъана Жамгӏияб Палатаялъул нухмалъулев Гӏазизбек Черкесов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Сахлъи цӏуниялъул, Социалияб рахъалъ цӏуниялъул, Захӏматалъул министерствабазул, «Защитники Отечества» ва « Мы вместе» фондазул вакилзаби, тахшагьаралъул ва районалъул администрациялъул жавабиял хӏалтӏухъаби, депутатал.\nГӏолилазул централда гьел дандчӏвана СВОялъул гӏахьалчагӏазул гӏа гарлъигун, гьенив вукӏана лъукъун вукӏиналда бан рокъове вачӏун вукӏарав ва нахъеги дове ине къачӏалев вугев районалдаса цо аскариявги.\nГӏадатияб, рагьараб ва эркенаб хӏалалда араб данделъиялда рорхана гӏемерал суалал. Гьезда гьоркьоб аслияб бакӏ ккуна кинго тӏураларого, хадур рехъерхъун ругел социалиял (коммуналиял шартӏал ва бигьалъалаби чӏезари, гьитӏичазе ясли-ахазда бакӏал гӏунгутӏи ва гь. ц), сахлъи цӏуниялъул суалаз, хӏажатал документал ва справкаби щвеялъулъ ругел захӏмалъабазда хурхарал масъалабаз\nРорхарал суалал росана кагътиде, рихьизаруна гьел тӏуразе кколел тӏадал идараби, кьуна тӏадкъаял.\nГьеб киналъулго хӏакъалъулъ хъвараб макъала бахъизе буго хадусеб номералда.\nГӏабаш ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "dunyalalul-luga-bahinal-dagistanale-darsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dunyalalul-luga-bahinal-dagistanale-darsal", "title": "Дунялалъул лъугьа-бахъинал: Дагъистаналъе дарсал", "date": "2023-11-11 14:17:17", "categories": [], "text": "Гьаб буго дунялалъулго политикияб гӏумруялъулъ гӏемерго кӏвар цӏикӏкӏарал лъугьа-бахъинал ккараб сон. Цо чанго улкаялда (Франция, Германия, Великобритания, Индия) рукӏана рищиял. Лъалеб букӏахъе, рищиязул хӏасилаз кӏудияб хиса-баси ккезабула пачалихъазул политикияб ва экономикияб гӏумруялъулъ.\nГьелдаго цадахъ дунялалда кколел руго гӏемерал тунка-гӏусиял, рагъ-кьалалъул хӏужаби. Гьаб соналда гьединал кьалул лъугьа-бахъиназ кверщел гьабуна Гӏагараб Бакъбаккуда, Африкаялда ва Азиялда. Граждан рагъазде рачиналде гӏунтӏун, гӏазаб кьуна гьенир ругел гӏадамазе.\nХалкъалъе буго зарал\n2011 соналда байбихьараб граждан рагъ Сириялда жегиги къотӏун гьечӏо. Гьелъ улкаялда жаниб кӏудияб бихха-хочиги гьабулеб буго.\nЛъикӏаб ахӏал-хӏал гьечӏо гӏараб мухъалъул бищунго мискинаб пачалихъ Йеменалда. Гьениб граждан рагъ байбихьана 2014 соналда, амма жеги гӏодобе буссун гьечӏо гьеб. Гӏадамазул гӏумру гьабиялъул гӏодобе ккараб даража, ракъи, зулмухӏал гьаби ва унтаби тӏиритӏи – гьел руго гьеб халкъалъул гӏумруялъул аслиял рахъал. Гьединалго гӏемерал гӏунгутӏаби руго Африкаялъул Сомалиялда, Ливиялда ва Суданалда.\n2022 соналда Россиялъул аскарал Гъарабагъалдаса нахъе рачун, Украинаялъул фронталде ритӏарабго, Азербайжан Эрмениязул шагьаразде нахъеги тӏаде кӏанцӏана ва дагьабги хӏалуцинабуна гьениб букӏараб ахӏвал-хӏал. Кин бугониги, Россия гьоркьобе лъугьиналдалъун ахир лъезе бажарана гьел пачалихъазда гьоркьоб букӏараб лъугӏел гьечӏеб тунка-гӏусиялъе.\nУкраинаялда граждан рагъ байбихьана 2014 соналда. Жакъа къоялде хӏукумат-пачалихъин абизе бакӏ гьениб хутӏун гьечӏо, кинабго биххун, бичун лъугӏун буго. Жакъа Украинаялъул 80 процент ракьалъул бетӏергьаби руго Америка, Польша ва цогидалги улкаби.\nГьеб киналъго кӏудияб заралияб асар гьабулеб буго жакъа дунялалда хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъе. Гьединлъидал дунялалъулго улкабазул рахӏатхвезабун буго Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб бугеб питнаялъ. Гьеб рикӏкӏунеб буго гьаб заманалъул рагъ-кьалазул халатаб сияхӏалда бищунго кӏвар цӏикӏкӏараблъун ва хӏинкъи бугеблъун. Гьел лъикӏал гурел гьоркьорлъаби дагьалги квешаб ахӏвалхӏалалде сверана гьаб соналъул байбихьудасан. Москваялъ гӏайиб гьабулеб буго Вашингтоналде ва НАТОялде.\nАмерикаялда ратула кьалбал\nГьел рехсарал рагъазул, тункагӏусиязул халгьабураб мехалда пикру бачӏунеб буго цо-цо гьадинал хӏасилал гьаризе:\nЦо бугони, рагъ-кьалалъе, тункагӏусиязе гӏиллалъун кколеб гьечӏо (кигӏан нилъеда гьедин батилин кканиги) халкъалъ хӏалтӏизабулеб дин;\nКӏиабизе бугони, халкъал цоцалъ рангутӏиялъе кигӏан дагьабниги кумек, асар гьабулеб гьечӏо гьез цебеккун цадахъаб гӏумруялда гӏемерал сонал ран рукӏиналъ;\nЛъабабизе бугони, халкъал, гӏадамал цоцалъ разаризе кӏудияб хӏаракат бахъулеб буго улка-ракьалъул, халкъазул ургъел гьечӏел, гӏицӏго жиде-жидер гӏумру лъикӏ гьабизе бокьарал гӏарац кодоб бугел, амма намус тӏагӏарал политиказ;\nУнкъабизе бугони, кинаб улкаялда рагъ-кьал, тунка-гӏуси кканиги, гьелъул кьалбал ратула я Америкаялда, ялъуни Англиялда.\nКинабго лъикӏ бугинги абун нилъ чӏезе бегьуларо\nРачӏинин Дагъистаналъул хӏакъикъаталде. Дунялалда кколел ругел гьел лъугьа-бахъиназул, гьел кигӏан нилъедаса рикӏкӏад ругониги, руго нилъеца хӏисабалде росизе кколел рахъалги. Дица тӏадехун рехсараб кӏиабилеб гӏиллаялъ нилъ дагьалго ургъизе тӏамулел руго. Щайгурелъул нилъералдасаги гӏемерал соназ цо ракьалда цадахъ гӏумру гьабун рукӏарал, тӏадежоялъе цого миллаталъул гӏадамазда гьоркьоб бижулеб буго жахӏда-хӏусуд, кколел буго дагӏба-рагӏи ва тунка-гӏусиял. Нилъерин абуни республикаялда гӏумру гьабулеб буго гӏемерал миллатаз. Гьединлъидал нилъер гьанибги гӏадамазда гьоркьор гьединал цоцада ричӏчӏунгутӏиял ккани, гьелъ расги лъикӏаб хӏасил кьезе гьечӏо. Гьеб букӏине рес гьечӏиланги абун, нилъерабго гьабулел нилъ ругони, цо къоялъ нилъ гьелъул нугӏзаллъун ккезеги бегьула. Анцӏго-къого соналъ цебе лъида ракӏалде кколеб букӏараб хъизамалда номер цоабилев ва номер кӏиабилев эмен вукӏинилан абун? Гьединлъидал гӏолеб гӏелалъе тарбия кьей, рахьдал мацӏ лъазабиялдасан байбихьун, букӏине кколеб даражаялде бахинабичӏони, Дагъистаналъул миллатазда гьоркьорги гьединал хӏужаби ккезе бегьула. Миллияб тарбия кьеялъул иш «кинабго лъикӏ бугиланги» абун тезе киданиги бегьуларо. Гьеб букӏине ккола миллияб политикаялъул ва диназул, культурияб, гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъул министерствабазул гуребги, республикаялъул киналниги жамгӏиял гӏуцӏабазулги. Гьениб жидерго бутӏа лъолеб буго жамгӏиябгун пачалихъияб «Россиялъул халкъазул ассамблеялъул» Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъги.\nНилъеда кӏочене бегьуларо тӏолабго ХӀX гӏасруялда Великобританиялъ Кавказалъул халкъазул дин цӏунулебиланги абун, гӏурусазде данде гъазават гьабизе нилъ ахӏун кинаб зарал ккарабали.\n«Батӏи-батӏиял халкъазул гӏарцухъ ричун росизе щолел цо-цо нухмалъулездасан пайдаги босун, гьитӏинаб ракьалъул Англиялда кӏвана гӏемерал ракьазда кверщел гьабизе ва «жидее бакъ кидаго тӏерхьунарилан» чӏухӏдаризе. Амма нилъ чӏаго рукӏаго, гьезие нилъеца гьединаб рес кьеларо», — ян хъвана И. Сталиница 1943 соналда. Кьезеги кьечӏо.\nР. Хӏамзатовас хъвавухъе:\nКинабго Европа босарав залим\nЗагьрудал капсулал квине тӏамичӏищ?\nБританиялъул премьер Черчиль,\nЧестьги ккун досие, тӏаде вахъинчӏищ!\nАмма хадусел соназ Англиялъго гӏадаб цогидазул би цӏцӏулеб политика билълъанхъизабуна Америкаялъги. Бихьулеб букӏахъе, гьелъулги бакъ тӏерхьунеб буго. Гьеб якъинго бихьизабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъда хадусеб дунялалъул тарихалъ. Дунялалъул улкабазда гьоркьоб Россиялъул къимат-къадру дагь-дагьккун борхулеб буго. Гьединлъидал цо улкаялъ бокьа-бокьарабги гьабун, ханлъи гьабулеб заман нахъа толеб буго нилъеца. Гьелъ кумек гьабизе буго дунялалда хӏакъикъияб гӏадлунизамги, гӏодобе биччайги, демократияги букӏинабиялъе. Гьеб пикру загьир гьабуна Россиялъул президент В. Путиница дагьал церегӏан къоязда тӏобитӏараб данделъиялдаги.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ, «Россиялъул халкъазул ассамблеялъул» Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул председатель"}
{"slug": "dungi-ahiriyav-shagiir-vatila-ahirzamanalul-rosul-vaharav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dungi-ahiriyav-shagiir-vatila-ahirzamanalul-rosul-vaharav", "title": "«Дунги ахирияв шагӏир ватила Ахирзаманалъул росулъ вахъарав»", "date": "2023-11-11 14:22:21", "categories": [], "text": "Ахӏмадил Мухӏамад, Махӏмудил тӏармил\nТӏадегӏанал чӏваби хъвалищ кӏиязго.\nДихъа бажаричӏеб дуда кӏванани,\nДица дуй кӏудияб рохел гьабила.\nГьедин хъвана кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулица, жеги гӏолохъанав шагӏир гьанжего гьанже Ахӏмадил Мухӏамадилгун лъай-хъвай ккараб мехалъ.\nГьанисан байбихьана Ахӏмадовасул шагӏирлъиялъул нух. 13 ноябралда гьесул гӏумруялъул тӏубалаан 68 сон. Бачӏунеб итни къоялъ, Аллагьас хъван батани, Поэзиялъул театралда ракӏалде щвезавизе вуго шагӏир. Ахӏмадовги гьечӏого тӏоцебесеб нухалъ кӏодо гьабизе буго гьев гьавураб къо.\nБитӏаралда битӏарабин абизе ккола, чи цевеса ун хадуб гурони нилъ кантӏуларо гьесул хӏакъалъулъ бищун лъикӏалги къиматалги рагӏаби абизе.\nЧӏаго вукӏаго гьесда абизе щвечӏел рагӏаби ратула къачӏан гьев ракӏалде щвезавулеб къоялъ гьасие гьурщизе. Кинаб илбисалъ ккун чӏезарун рукӏунелали лъаларо, инсан ракьалда вукӏаго гьесда аскӏорги рукӏун абизе кидаго кватӏун ккола нилъ.\nГьединго кколеб буго Ахӏмадов Мухӏамадил хӏакъалъулъ абизе рукӏарал рагӏабиги.\nДие гьев кидаго хутӏана Гьонода росулъа вахъарав цо вугев шагӏирлъун. Аллагьас кьураб гьунар гьаб ракьалда билизе течӏев, хӏажатаб бакӏалда кӏалъазеги лъалев, пагьмуялъул цӏураб ракӏалъул, росуги хирияв, росдал гӏадамалги рекӏее гӏагарав инсанлъун.\nЧабхил кӏкӏалахъан кӏанцӏун,\nБекерулеб буго чан.\nЧанахъанас нахъойги,\nБосулеб буго ишан…\nАнцӏила ункъо сон бараб мехалда хъвараб Мухӏамадил «Чанил кечӏ» жакъа гӏемерисел магӏарулазда рекӏехъе лъала. Шагӏир халкъиявлъун лъугьуна гьесул шигӏруги гьунарги халкъалъухъе щвараб мехалъ, гьез гьеб унго-унголъунги къабул гьабидал.\nДун щибаб къоялъ къулула Ахӏмадил Мухӏамадил тӏахьазде тӏаде. Щибаб нухалъ гьениса босизе цӏияб пикруги, цебесеб нухалда рагӏун букӏинчӏеб цӏияб рагӏиги, рагӏабазулъ бахчараб магӏнаги батула нахъе босизе.\nЗама-заманалдасан дица цӏалулеб тӏехь буго гьесул «Поэт» абураб пикрабазул къисалъун лъугьараб, магӏарул шагӏирзабазул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ хъвараб. Хӏикматаб асар буго гьеб.\nГьениб буго «Дир шагӏирзаби» абураб бутӏаги. Инхоса Гӏалихӏажиясдаса байбихьун, Гӏумархӏажи Шахтамановасде щвезегӏан, классикаллъун лъугьарал халкъиял шагӏирзабазул гӏумруялъул, бечедаб творчествоялъул бицунеб буго гьес гьениб гӏажаибго ракӏ тӏаде цӏаледухъ.\nГьединго кутакалда дие хирияб асарлъун хутӏана, устар Сагӏид-афандиясул тӏехь цӏалун хадуб хъвараб гьесул кечӏги.\nАхӏмадовасул поэзиялъул дунялалъ асир гьаричӏел чагӏиги ратизе бегьула магӏарулазда гьоркьор. Кинавго чиясе рокьизе тӏадаб гьечӏелъул гьесул кучӏдул. Амма адабияталъул унго-унголъунги магӏнаги бичӏчӏулев, гӏагараб ракьалде рокьиги бугев, мугӏрул иццул тӏагӏамги бичӏчӏулев, тӏалайдухъан беролеб кӏкӏуйги, корониб бежараб чадил тӏагӏамги хирияв чияс жакъаги ракӏракӏалъ, пикру гъварилъуде биччан цӏалула гьесул асарал.\nДир рахъалъан абе Ахӏмадовасда,\nАхӏи-хӏур лъугӏанин, дагӏбаги сванин.\nДагьа-макъал кепкал кодоре щварал.\nГьудулзабаздаги дун кӏочон танин.\nДир рахъалъан абе Ахӏмадовасда,\nАхӏун пайда гьечӏин гьанже кучӏдузул.\nРекӏее рокьарал ракьулъе индал,\nРакьалда вукӏине бигьаяб гьечӏин.\nГьал рагӏабиги хъвана магӏарулазул гьунар тӏокӏав, къанагӏатаб пагьмуялъул шагӏир Жабрагӏил Хӏасановас. Гьел кӏиялго гьудулзаби рукӏана. Шагӏирзабазул мацӏалъ кӏалъан цоцаздаги ричӏчӏулел. Гьединал гӏадамаз берцин гьабула нилъер миллияб адабият.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "czoczal-bi-zhubachieb-millat-gechio-dagistanalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czoczal-bi-zhubachieb-millat-gechio-dagistanalda", "title": "«Цоцалъ би жубачӏеб миллат гьечӏо Дагъистаналда»", "date": "2023-11-13 10:24:21", "categories": [], "text": "Дагъистаналъул аэропорталда гӏолохъабаз жидерго хӏалуцин загьир гьабураб сордо-къоялъ макьил рахӏат, кванил тӏагӏам букӏинчӏо гӏемерисел улбузе. Гьединаб мехалда лъикӏалъеги квешалъеги батулеб вацапгиха, гьечӏого гӏоларел жамгӏиял гьиналги.\nГьидерил киналго росабалъа гӏемерал руччаби жанире рачараб вацапалъул къокъаялъул сас къотӏичӏо рогьалил как ахӏизегӏан.\nХадижат: — Битӏахъе цӏадул гурде букӏана къаси черхалда, васал рокъоре руссинегӏан. Гьаз-доз цӏан аэропорталде анадайин хӏинкъун йикӏана.\nЧакар: — Ясал, нужее талихӏ батаги, бице дида лъица гьусун, киб бичӏчӏи щун рагъарарал чагӏи гьагъал гӏолилал? Батӏияб къагӏидагойищ букӏинчӏеб Палестинаялъухъ ракӏ унтун букӏин загьир гьабизе?\nПатӏимат: — Гьел ккана гьанже сабаблъун Дагъистаналда миллатчилъи бугин ахӏи бахъинабиялъе.\nГӏайшат: — Йо, унго, пайда щиб ха махӏаби рекичӏого гьагъай, гӏолохъабазул гурулъанги яккун чӏи-чӏидулей йикӏарай чӏу жугӏаданалъул. Гьелъул тухумалъул би хьинал лъугӏун ратила. Жакъа ра кӏалде щвана нилъер Суракъат. Гьаглъарал гӏолилазда цеве вахъун бажарулев, халкъалъ хӏурмат гьабулев цониги гӏакъил, цевехъанищ вукӏинчӏев Дагъистаналда?\nМариям: — Щивасул гӏакълуялъ, сабруялъ борцуна лъугьа-бахъунеб. Ки набго бараб буго битӏун бицине, бичӏчӏизабизе бажариялда. Рокъосанго бачӏунеб лъавукълъиялъ лъукъу леб буго гӏолилазул гӏумру. Жидер умумузул лъикӏабщинаб лъи малазе кьезе, гӏураб ракьалде рокьи бижизабизе хӏаракат бахъарал эбел-инсул лъимал росу-ракьалъего пайдаяллъун лъугьуна. Гогьдаризарун гӏезарураз гӏагарлъиялдего балагьги рещтӏинабула. Гьоболасул хӏама хӏортӏе бачанищин абухъего, гӏемерисел мугӏалимзабазеги ургъел гьечӏо щал вахьнаби жидер цӏалдохъабазул, студентазул рахъаниги.\nБулбул: — Рогьалилъ мажгитазде какдеги унел, гӏолилазул гӏуцӏиязулъ гӏахьаллъун футболги хӏалел гӏо лохъаби, пулавги белъун цадахъ чаялги гьекъон, зама-заманалдасан чуялги тӏамун, киназего рагьараб гьайбатаб гӏумруялда руго. Гьезул лъудби демонстрациязде рахъун къватӏазда чӏичӏидуларо, чӏахӏиязул адабги гьез рехуларо.\nПатӏимат: — Бихьулищха жидерго тӏадагьаб божилъиялъ къосарал, лъикӏаб-квешаб батӏабахъизе ро къоб малъичӏел гӏолилазда лъо лел цӏарал: цо-цо бусурбабаз ба хӏар залин, дин батӏияз согӏал миллатчагӏийин, нилъерго тӏадчагӏаз гӏакълу гьечӏел жанаваралин. Нилъедаго буго гӏайиб.\nХадижат: — Дол, аэропорталде гьужум гьабуралго гӏадал «бахӏарзаз» нилъер гьанир ругел жугьутӏазеги хӏинкъи кьолеб гӏадаб хабар рагӏана.\nАсият: — Гьанир ратиларо ягьудиял? Хадижат: — Щай рукӏунарел, гьезул гӏемерисел Дербент районалда руго, таталин абула гьезда.\nЧакар: — Йо, гьел нилъерго чагӏи ругоха. Абадиялъ гьанир рукӏарал гьезда бугеб гӏайиб щиб? Жугьутӏал, шигӏитал, насраниял рукӏа — нилъер диналъе, яшавалъе щиб зарал гьезул бугеб? Шагьаразда букӏинарищ, росабалъгицин кигӏан хӏурмат гьабулеб букӏараб нилъеца миллат батӏиял чагӏазул! Цониги росу букӏанищ нилъер гьаниб гӏурус мугӏалимзаби яги тохтурзаби камураб? Кигӏан берцинаб гьоркьоблъи букӏараб. Цоцалъ би жубачӏеб цониги миллат гьечӏо Дагъистаналда. Кинаб миллатчилъиялъул бицунел гьал?\n«Гӏолилал, къимат гьабе Дагъистаналъул»\nМагӏлъун къала рекӏелъ дагъис таниял хъачӏал, гьагал миллатчагӏилъун рихьизарурал ахӏиял, хъвай-хъвагӏаял жамгӏиял гьиназда ратидал\nРакӏалде щола дирго лъимерлъи, тӏоцебе цӏалараб гӏурус тӏехь (Елена Ильиналъ хъвараб «Четвертая высота»), цӏалдезе дилъ рокьи бижизабурай Краснодаралдаса нижер нус Зинаида. Руччабазул тохтурлъун хӏалтӏулаго гьелъул гӏумру ана магӏарухъ, кьолбодаса тӏечӏо нижее гьелъ кьураб наслуги. Магӏишатяшавги букӏана кигӏан цеетӏурай магӏарулалдаса нахъе ккечӏеб. Гьединал мисалал нус-нус гьечӏищха Дагъистаналда. Байбихьул классал лъугӏидал, Зинаца кверги ккун щвезаюна Гӏурада росдал гьоркьохъеб школалъул гӏурус мацӏалъул ва литератураялъул мугӏалим Зоя Николаевнаялъухъе. Жакъа гӏадин ракӏалда буго: «Зинь, ты за девчонку не переживай», — инги абун, дун аскӏое цӏараб сентябралъул къо. Гвангъараб гьимиялъул, узданаб ретӏа-къаялъул берцинай чӏужугӏадан, даимго хутӏана рекӏелъ гьелъул дарсал.\nДарсидаса хадуб заманалъ нижеца Зоя Николаевнаялда гьарулаан гьелъул берцинаб бахча бихьизе рачеян. Розабиги гӏицӏго гьелъул ахикь гурони рижуларин кколаан гӏисинал нижеда. Эркенаб заманаялъ ясазе гурдал лъутӏизе, рукъизе малъулаан гӏурус мугӏалималъ.\nМариям: — Ниж эбелалъ ритӏулаан Клавахъе нису-рахь босун. Къецбан рукӏунаан гьелъухъе ине гъираялда. Пихъил цӏун кьолаан тӏадбуссун цӏарагӏ. Йикӏарай недегьай гӏадан.\nГузуне: — Нижехъ йикӏарай мугӏалималъул хӏеренлъи гӏумруялъ кӏоченаро. Хадуб Мариямин абун цӏар хи сана, устарасухъе ун вирдги босана. Росдал хабалалъ юкъунги йиго.\nМаржанат: — Нижер мадугьалихъ йикӏана Клава. Гьелъухъ данделъулаан, хадур нижехъе рачӏунаан нилъер районалда гӏумру гьабун ругелщинал гӏурус ясал. Анцӏ-анцӏ соназ гьез лъай кьурал нилъ капурлъунищ ругел? Гьелъул гӏаксалда, нилъер гӏадат-гӏамалги динги босана гӏурус ясаз. Гьезул гӏемерисезул наслу нилъеда гьоркьоб буго.\nЩиялъ цоцазе гьурщана лъимерлъудаса нахъего нижерго росабалъ ратарал гӏурус руччабазул хинал ракӏалдещвеял.\nГӏурус мугӏалимзабазул бицунаго, ракӏалде щвана университеталда гӏурус литератураялъул дарсал кьурай профессор Плахарская Маргарита Артемовна, гьелъул малъа-хъваял.\n«Дун гӏемер сверана нилъер улкаялда, машгьурал классикал гьарурал, гьез гӏумру гьабурал бакӏазде щвана, щибаб бакӏ дица данде кколаан Дагъистаналда. Гьадинаб, гӏадамалги, гӏадаталги, тӏабигӏатги берцинаб бакӏ дида батичӏо. Гӏолилал, дица ракӏракӏалъ абулеб буго, къимат гьабе Дагъистаналъул. Цӏуне умумуз дарслъун тараб намусги яхӏги. Гьаб дунялалъул рекъелги парахалъиги гӏуцӏун буго лъикӏабщиналъул кьучӏалда, гьеб биххизе тани биххула дунял». Жегиги камилго кинха абилеб.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "rekikiab-ahiiyalul-kiichiik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rekikiab-ahiiyalul-kiichiik", "title": "Рекӏкӏаб ахӏиялъул кӏичӏикь", "date": "2023-11-15 11:11:05", "categories": [], "text": "Рекӏкӏаб ахӏиялъул кӏичӏикь\nПалестинаялде рещтӏараб къварилъиялъ пашман гьавичӏев чиго ватиларо нилъеда гьоркьов. Амма лъалеб жо буго, киб бугебги балагьаб ахӏвал-хӏал жидерго хасал мурадазе гӏоло хӏалтӏизарулел къуватал рукӏин. Гьезул кодор ясикӏабилъун руго, ракӏги биги гьалдолел, рекӏкӏаб ахӏиялъул кӏичӏикье ккарал нилъер гӏолохъабиги. Гьеб чорокаб политикаялъул гьаниб бицун хӏалги кӏвеларо.\nИсламияб дин загьирлъаралдаса нахъе гӏара бияздаги ягьудияздаги гьоркьоб батараб рокьукълъиялъул биценги тарихалда бикӏун буго. Илбисалъул нух да даимлъарал бакътӏерхьул улкабазул бецӏал къу ватаздаса бергьине бусурбабазул улкабаз гӏамал гьабунгутӏиялда гӏажаиблъула бакътӏерхьул пачалихъазул политикаялдаса рикӏкӏадал гӏадамал.\nКин гьабилеб нилъеца рикӏкӏадаб улкаялда ругел динцоязе кумек? Гӏицӏго Аллагьасда гьарила, дугӏа гьабила! Батӏияб къагӏида жакъа гьечӏо. Рикӏкӏад чӏезе хӏаракат бахъила мекъаб нухалъ унездаса. Илбисалъул нух ккуразул къорикье ккараз бачун бачӏунеб питна дагьабищ бихьараб нилъеда? Баракат гьечӏолъиялъул тӏирабаз тӏубан нилъер республикаялъул гьумер хъублъизабизе хӏаракат бахъана гьез гьаб нухалдаги. Миллатазда гьоркьобе ракьа рехулеб букӏин якъинлъаниги, нахъеги гъобго къорикье ккезе щай нилъ чӏолел? Щайха гӏолилал гьедигӏан рикӏкӏалъун ругел дагъистаниязе хасиятабщиналдаса? Гӏемерисез, цо кӏалдиса гӏадин, такрар гьабула гьеб бугин хъизаналъгун цӏалул идарабаз ватӏанбокьиялъул кьучӏ лъунгутӏи, гӏолилазул агъаз гьечӏолъи, эркенлъи хӏалакин, хӏалхьи цӏикӏкӏин! Гьелъиеги тӏадругезул тӏалаб хӏажат гьечӏищха, тарбия-лъаялъул кьучӏ щулаго лъеялде ургъаралани рикӏкӏалъилаандай гӏолилал нилъерго улкаялъул гӏуцӏиялдаса? Гьаб суалгун масъала къойил борхизе, батӏаго бицине ккарабги буго.\nДагьал гъорлъе раккун бачинин гьаниб цо мисал, цӏакъ гӏадатияб, гӏемер дандчӏвалеб. Ункъо лъимер бугеб, гьоркьохъеб ресалъул, хъизан буго шагьаралда яшав гьабун. Тӏоцесеб лъимер — яс, росулъ гӏурав, иман-исламалъул, светияб лъаялъул лъикӏаб кьучӏ щварав росуцоясеги кьун берцинаб яшавалда йиго. Хадур гӏолел васазе магӏишат гьабулаго, ригьзал гӏуцӏулаго эбел-инсул заман къанагӏалъана лъималгун гӏодорчӏун хабаралъе. Школа лъугӏана, махщел щвезеян цӏализе лъуна. Кидагосел масъалаби — гӏарцухъ гурони кьун бажаруларел экзаменал! Аслияб жо — спортзалазде хьвадулел ругоян вохун вуго эмен. Сардилъ къватӏире ахӏулел гьудулзаби цӏикӏкӏана, мегеж ризлъарабгӏан эбел-инсулгун ракӏрагьараб хабар лъедерлъана. Гогьдаризарун, берцин рихьун гӏуна доб хъизаналъул гьайбатал васал. Ригьнал гьарулаго мавлид бегьичӏо, сухӏмат гьукъана, гӏиллаго гьечӏого чӏегӏербарал нусалги рещтӏана къавулъ.\n«Нужер гьал васал мекъаб нухде кколел ратизе гуринха», — ян гьезул хьвадиялда щаклъун, ракӏунтун гӏакълу кьолел гӏагарал чагӏазухъ гӏинбачӏо эбел-инсуца. «Нижер васазул магжилгун тӏажазул бицине ирга щун руго гьал, мода буго гьанже гьединаб», — ин бадиб тӏил кьабараб гӏадин жаваб кьуна эбелалъ. Къватӏисан босун бачӏун васаз бицанщинаб ургьибе биччана гьез. Яцгун, дурцгун дагӏбадана нужей рабитӏаги чӏумалги щаян. Сверухъ ругел вацгӏалзаби добго «мода» гьабеян жидедаго хадур цӏазе лъугьана, рикӏкӏалъана кьолбол чӏахӏияздаса. Гьеб буго хӏакъикъат!\nЛъел цӏураб парччи нилъеца чӏобоголъизабидал, гьаваялъ цӏоларищ, хъанхъара, рищни-хӏур бакӏарун заманаялдаса хъублъуларищ? Ботӏролъе, рекӏелъе тӏинкӏулеб чӏахӏиязул гӏакълу, эбел-инсул малъи, щибабкъойилаб тӏалаб гьечӏони, гьодорлъиларищ лъималазул ракӏал? Гьеле гьеб чӏобоголъиялдаса пайда босизе, жидерго мурадазул мугьал рехизе жанисел тушбабиги рукӏинарищха хӏадурун. Гӏемер хӏалбихьи щварал гьезул чукъби камураб бакӏ кибго гьечӏелъул.\nТӏадехун мисалалъе рехсараб хъизамалъул васалги дол «дагъистаниязул бахӏарчилъи бихьизабе» абун аэропорталде ахӏулезул кьеразулъе ккана. Гьанже эбелэмен бетӏерги ккун, жидерго свериялда хӏукуматги какун, кире, лъихъе кумек гьарун инелали лъаларого руго хутӏун. Бицун бичӏчӏичӏесда бихьун бичӏчӏулин абулаан умумуз.\nПатӏимат ГЬИТӏИНОВА"}
{"slug": "ulbul-parahat-kizha", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ulbul-parahat-kizha", "title": "Улбул, парахат кьижа!", "date": "2023-11-15 11:13:04", "categories": [], "text": "Гьал къоязда Гӏурус театралда бихьизабуна Расул Хӏамзатовасул «Цӏуне улбул» абураб асаралъул кьучӏалда гӏуцӏараб спектакль. Гьелдалъун рагьана Балеталъул ва операялъул театралъ жиндирго иргадулаб сезон.\n— Эбелалъул кечӏ. Гӏумруялъулго аслу. Гьеб кечӏалъ гъола нилъер къисматалда куркьбал. Жибго кочӏолги руго куркьби. Свакан буго эбелалъул кечӏ. Жиндирго магӏица бакӏ гьарурал куркьби загӏипго хьвагӏулел руго эбелалъ цо лахӏзаталъ. Кьурдабазул мацӏги пашманаб буго. Улбузул хъахӏабги чӏегӏерабги кӏазазул дандчӏвай. Кӏиго кьералъул къеркьей. Улбул, парахат кьижа. Цӏуне лъимал. Къункърабазде сверарал васазул ахӏи. Хунзахъ тӏобитӏараб тадбиралдаги гӏахьаллъарав театралъул артист Б. Гӏабасовас гьаб нухалдаги цӏидасанги рачана хъахӏал къункърабазул сариназухъе — гьадинаб букӏана спектаклялъул аслияб магӏнаги кӏварги.\nГьале сценаялда – Дагъистаналъул Халкъияв артист, инсул роль хӏалев вукӏарав Гӏабдула Мухӏамадмирзоев. Шагӏирасул кочӏодалъун гьес жиндирго васасда малъулеб буго эбел цӏунейилан. Эбелалъул роль хӏарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Жамиля Хӏамзатовалъул цееяхъиналъ гӏемерисел руччабазул бадиб магӏу хулизабуна. Спектаклялде ахӏаразда гьоркьор рукӏана СВОялъул гӏахьалчагӏазул хъизамалги.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "dagistangi-chiahi-kulgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dagistangi-chiahi-kulgi", "title": "Дагъистанги чӏахӏ-къулги", "date": "2023-11-16 13:13:07", "categories": [], "text": "Гьаб ахир лъалареб, ахираб лъалареб заманаялъ Дагъистаналде какдолел, бугебщинаб чӏахӏ-къулги хъублъиги гьенибе рехизе къеркьолел гӏадамал гӏемерлъун руго. Раккулел руго гьел жибго Дагъистаналда жанирги, хасго къватӏирги, хӏатта океан бахун дорехунцин. «Щив гьев? ва Щал гьел?» абурал суалаз рахӏат толарел чагӏи нилъеда гьоркьорги гӏемерлъун руго. Бицина дирго пикру. Разилъуларел рукӏинеллъиги лъала. Амма рекӏелъ бугеб къватӏибе кьезе бокьана.\nБисмиллагьги бахъун церехун ина\nТӏоцебе дида кколеб буго, Дагъистаналъул караван Аллагьасул нухде, къиблаялде балагьун унеб бугилан (караваналде гьоркьоре уна аслияб къагӏидаялъ бусурбанал халкъал). Кигӏан караван битӏараб нухде гӏагарлъаниги, гӏемерлъула гьелде хӏапдолел гьаби. Гьезул руруй бугоха жакъа нилъер гӏундузда рагӏулебги. Щибха гьабилеб? Рохизейищ роххилел яги пашманлъизейищ пашманлъилел? Гьайгьай, рохила ва цере рилълъина.\nНилъер гӏагарал мугӏрулги, мугӏрузул Дагъистанги бокьулел гӏадамал гӏемерлъун руго. Гьединлъидал буго тушбабазул хъубаб ахӏи-хӏурги.\nСундасан дица, Дагъистан бокьулел гӏадамал гӏемерлъулел ругин абураб пикру босулеб бугеб? Цебеялда дандеккун, радал Бисмиллагьги бахъун, какиеги чурун, лъикӏаб нигатги гьабун гурони рокъоса къватӏире рахъунарел, хирияб Дагъистаналъул ракьалда хӏетӏе чӏоларел гӏадамал гӏемерлъун ругелъул. Нилъ рокьуларезда кколеб буго, нилъее Дагъистан бокьулеб букӏарабани, нилъ цӏодорал рукӏаралани, нилъ дуниялги талавур гьабун бечелъараб Америка гӏадин бечедго яги къокъаб заманаялда жаниб 4000-ялдасаги цӏикӏкӏун лъимер чӏван «бергьунел ругел» гӏизраилал гӏадин «къуватал» рукӏинаанилан. Нилъее, имам Шамилица васигат гьабун гьечӏо бечедаб Дагъистан бокьайилан, васигат буго «Гьал гӏицӏал мугӏрул рокьа!» – йилан. Гӏицӏал, амма рорхатал, кьварарал мугӏрулги рокьани, Цогояв Аллагьасде мугъчӏвайги бугони, нилъ лъидаго къезаризе кӏоларелъул.\nЦо сайталда «цӏакъ гӏакъилав» экономистас абуна Дагъистан нахъе ккун бугила, экономикаялъул гӏалимзабазул гуреб, шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул ва спортсменазул культ цӏикӏкӏун гьабулеб бугелъулилан. Гьез материалияб пайда, ай чӏамчӏам кьоларилан. Дидани бихьулеб буго, Дагъистаналъул тӏолалго балагьазеги захӏмалъабазеги гӏиллалъун шагӏирзабазухъ, хъвадарухъабазухъ, исламиял гӏалимзабазухъ гӏенеккунгутӏиялъ бугилан. Масала, Дагъистаналъул халкъияв поэт ва исламияв гӏалимчиясул руго гьадинал кочӏол мухъал:\nКъаникь бетӏер щапизегӏан\nТушманасдаги божуге! — абун.\nМашгьурав шагӏир ва хъвадарухъанас абухъе, «Аваристаналъул бищун бегӏераб гӏакълуялъухъ» Цӏадаса Хӏамзатихъ гӏенеккун тушбабаздаги божичӏого жидерго бетӏер хӏалтӏун иш бачарабани, Совет хӏукумат биххизабичӏого, битӏизабизе кӏвелаан. Шагӏирасухъ гӏенеккичӏо ва хъархъалъеги ккана. Дагъистаналъул дунялалдаго машгьурав халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовас абун буго:\nХун лъикӏ, гӏорхъабазда рагъухъан гӏадин,\nРогьоялда къвал бан цо къо базегӏан.\nНилъер КПССалъул ЦКялъул Политбюроялъул членаз, Ватӏанги бичун, ватӏаналъе хилиплъиялъул рогьоялда къвал балалде цебе, гьел мухъазул магӏна босун букӏарабани, гьаб инжитаб хӏалалде улка ккечӏого букӏинеги бегьулаан. Къудукьа Мусаласдаса байбихьун, Инхоса Гӏалихӏажиясухъги гӏенеккун гӏумру тӏамурабани, нилъ гӏемерал гъалатӏал гьаричӏого рорчӏизе бегьулаан.\nЛъица хъуб гьабулеб бугеб?\nДагъистан бокьуларезги, цо-цо бокьулезги гӏемер бицунеб буго нилъер гьаниб чӏахӏ-къул гӏемерлъун букӏиналъул, экология хъублъулеб букӏиналъул. Суал кьолеб гьечӏо, лъица гьеб хъуб гьабулеб бугебилан.\nДагъистанияз, хӏайван хъунани, гьан гуребги, ургьимесалдасанги пайда босулаан, чахъу хъуни рассукӏ гьабунги, махьва-бадаку, бакьал цӏураб гьаналъе хӏалтӏизабунги, пайда босулареб жо букӏунароан. Хӏатта бакӏвалиялда жаниб батараб жо хур беэнлъиялъе хурибе балаан. Турулареб, заманалдасан ракьалде яги цоги пайдаяб жоялде сверулареб жо щибго букӏунароан. Чӏахӏ-къул (мусор) гӏемерлъана, целлофан ва пластик бачӏараб мехалъ. Гьебги бачӏана жакъа нилъгун тушманлъиялда ругел улкабаздаса.\nГьелдасаги квеш ккараб жо буго, нилъ магърибалъулги машрикъалъулги севералъулги югалъулги нухал цолъулеб бакӏалда ругелъул, гӏемерал улкаби лъугьана зулму-хӏалалдалъун нилъеда тӏад кверщел гьабизе. Нилъ данде къеркьана, данде рагъана ва гьез дагъистаниязул гӏамалхасияталде, напсазул экологиялде асар гьабичӏого хутӏичӏо. Дагъистаналда хутӏана тӏаде рачӏаразул цо-цо гьунар тӏокӏал гӏадамалги (шайих Абулмуслим гӏадал) шагьидзабиги, хутӏана напсияб чӏахӏ-къулги.\nГӏемер бицуна аза-азар дагъистаниял Шамил имамасде данде рагъулелги рукӏанилан. Гьел рукӏана гӏицӏал мугӏруздаса цӏикӏкӏун боцӏимал хириял, багьа-багьана батун анир хутӏарал, напсазул экология хъублъаралги, ай чӏахӏ-къулилан абичӏониги, Дагъистаналъул менталитеталда рекъоларел, гьеб хисизабизе къваригӏарал чагӏи. Советияб пачалихъалъулги, жакъасеб капиталистияб гӏуцӏиялде дандеккун, гӏадамазул гьабулеб тӏалаб цӏикӏкӏун букӏаниги, ахираталде рокьи букӏинчӏо ва Дагъистаналда напсияб чӏахӏ-къул тана.\nБитӏараб нухда ругони…\nГьаб хиса-баси ккаралдаса Дагъистаналъул гӏемерав сахав чиги лъугӏизавуна ва жакъа какун, гьезда, ай сахав чиясда божулареб хӏалги гьабулеб буго. Щайха Дагъистаналъул муфтиясдаса байбихьун, Чӏикӏаса устарасде (къ.с.) щвезегӏан анцӏ-анцӏ гӏалимчиги, имамзабиги, церехъабиги чӏварал? Гьел битӏараб нухда рукӏун ва гьезул ритӏухъаб рагӏиялдаса бергьине гӏакълу букӏинчӏого.\nЖакъа Палестинаялъул халкъ щай гъурулеб бугеб? Гьезул ритӏухъаб тӏалабалдаса бергьине гӏакълу гьечӏого, кигӏан жугьутӏал цӏодоралин бицен бугониги, хӏобол жагьиллъи букӏун. Чӏван гурони гьезулгун данде кколеб рагӏи батизе кӏвечӏого, кӏудиял гӏуни гьезул лъималазда щиб гьабилебали лъачӏого чӏвалел чагӏи руго лъимал.\nЖагьиллъи бергьине тезе бегьуларо\nГӏакъиллъиялъ гьел бергьунел гьечӏо, цо гӏабдаласда кӏолила азарго гӏакъиласда жаваб батулареб суал кьезеян абула. Америкаялъул бутӏрулги, гьезда нахърилълъаралги гӏантал рукӏин бихьизабулел хӏужаби руго, жидеего, тӏубарал халкъазего зарал бугониги къотӏаби хвезари, гара-чӏвари гьабунгутӏи, санкциял лъазари. Гьеб гуребги, Аллагьасде дандечӏарал бихьиназулги руччабазулги гьоркьорлъаби тӏиритӏизариялъ, гьерсал рицун ва Аллагьас рижарал халкъалго дунялалдаса лъугӏизаризе лъугьин. Гьединго жидеца гӏемераб заманаялъ пайда босулареб ва босилебищалиго лъалареб боцӏимал, зулму гьабун данде гьаби. Тӏокӏаб кӏудияб ахӏмакълъи кинаб букӏинеб?\nДагъистан, Алхӏамдулиллагь, гьелда дандечӏараб буго ва гьединлъидал нилъ какулелги руго. Какулел руго нилъ, чӏухӏиялъ, гӏамалкӏодолъиялъ, ццидаца, нич тӏагӏиналъ, гӏакълу дагьлъиялъ ва гьезул гӏагарал чагӏаз. Дида гьел берцин рихьуларо, гьездаса гӏемерго берцин бихьула Дагъистаналъул бокьараб росулъ, къотӏнобе рехараб сипатго гьечӏебин кколеб гамачӏ. Дица Дагъистаналъул тушбабазда абулеб буго, гьабилареб лъаниги, цин Дагъистаналъул цӏар бахъилалде, гьанже лъикӏал пастабиги руго, кӏал чуре, Аллагьасда божиялъул гьитӏинабгӏаги асар батани, Бисмиллагь бахъе, какие чуре ва хадуб ургъун абе абулеб рагӏи.\nЛъикӏаб букӏинаан Дагъистаналъул тарих цӏалани, цӏа бакилалде гьелъ мунго вухӏулевлъи ва гвенд бухъилалде гьениве мунго ккелеблъи лъан букӏа. Аллагь гурхӏун кантӏизареги нуж! Лъан букӏа, Дагъистаналъул нужеда бараб жо щибго гьечӏо. Гьеб Аллагьасул цӏуниялда гъоркь буго. Нужеца гӏемераб сурсат харж гьабулеб буго Дагъистаналда питна багъаризабизе, кӏолеб гьечӏелъул ццидалъги руго. Нужеда гӏакълудал асар батани, гӏодоре риччан чӏелаан. Аллагьас лъикӏаб хъван батаги. Амин!\nШамил МУХӏИДИНОВ"}
{"slug": "gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal", "title": "Гьаб соналъ машгьурал магӏарулазул юбилеял", "date": "2023-11-27 16:32:29", "categories": ["rel"], "text": "Гьаракӏуниса Сагӏид (1763-1834)\nГьавуралдаса 260 сон\nГӏалимчи, сиясатияв хӏаракатчи, шигӏир ва педагог.\nСагӏид вукӏана гъваридаб лъаялъул инсан. Гьесда лъалаан гӏараб, парс, турк мацӏал. Гьесухъ цӏалулел рукӏана лъабавго имам — Гъазимухӏамад, Хӏамзат-бег ва Шамил; гӏалимзаби — Ярагъиса Мухӏамад, Игьалиса Сагӏид, Къарахъа Мухӏамадтӏагьир, Гьолокьа Даитбег, Хъваршиса Загъалав, Эндиреялдаса Ташав Хӏажи, Хунзахъа Нурмухӏамад, Яхсаялдаса Юсуп, Ахтиялдаса Мирзагӏали, Гъазданущиса Гӏабдурахӏман ва цогидалги. Сагӏидица кьолаан гӏараб мацӏ, мантӏикъ гӏелму, философия, фикъгьи."}
{"slug": "gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal-2", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal-2", "title": "Гьаб соналъ машгьурал магӏарулазул юбилеял", "date": "2023-11-27 16:36:02", "categories": ["rel"], "text": "Ахъбердил Мухӏамад (1803-1843)\nГьавуралдаса 220 сон\nШамил-имамасул тӏоцевесев мудир, магӏарул бахӏарчияв бодул цевехъан.\nЦеве вукӏарав кӏиявго имам Гъазимухӏамадидаги Хӏамзатбегидаги цадахъ къеркьарав гьалмагъ вукӏана гьев. Шамил-имам чӏаго вукӏагоги, гьев хисизе вугев чийилан абулаан гьесда. Щайгурелъул гьев рикӏкӏунаан имамасул кваранаб кверлъун ва Имаматалда Шамилидаса хадув кӏиабилев чилъун. Магӏарулаз гьесда абулаан Ахъбердил Мухӏамадин, яги Ахъбердилавилан.\nГьесие щвана лъикӏаб лъайги гӏакълуги, цӏалана Гьаракӏуниса Сагӏид, Хӏариколоса Лаченилав, тӏоцевесев имам Гъазимухӏамад гӏадал цӏар арал гӏалимзабазухъ. Ахъбердиласда лъикӏго лъалаан магӏарул, гӏараб, лъарагӏ ва чачан мацӏал.\nКавказалда муридазул багъа-бачари баккидал, гьев лъугьана гьелъул рахъ кколев ва муридазул иш цебехун бачиналъул жигарчилъунги. Ахъбердиласе кӏудияб асар гьабулаан Гъазимухӏамадил вагӏзабаз. Гьев чӏван хадуб гьес Хӏамзатбег-имамасулги рахъ ккуна.\nАмма гьесие машгьурлъи щвана Шамилил заманалда, бищунго кӏудияблъун кколеб Гьитӏинаб Чачаналъул мудирлъун гьев тедал."}
{"slug": "chiagoyab-gara-chivariyal-chiagoli-keyalde-hul-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=chiagoyab-gara-chivariyal-chiagoli-keyalde-hul-bugo", "title": "Чӏагояб гара-чӏвариялъ чӏаголъи кьеялде хьул буго", "date": "2023-12-06 02:35:47", "categories": ["obshestvo"], "text": "29 ноябралда «Дагъистан» РГВКялда тӏобитӏана ДРялъул бетӏерасул иргадулаб рагьараб эфир. Лъабгониги сагӏаталъ гӏадамазул суалазе жавабал кьуна Сергей Меликовас. Рукъалда аскӏор ругел бигьародул гъутӏби къотӏиялдаса байбихьун Цӏияб сонил байрамалде гӏунтӏун батӏи-батӏиял суалал кьуна дагъистанияз. Рукӏана гьезда гьоркьор республикаялъего кӏвар\nбугелги кьечӏого тани, къварилъи гьечӏелги. Бокьун буго нижеда кӏвар бугеллъун рихьарал суалал рехсезе.\n«Россеталъул» концерт чӏалгӏун буго\nРеспубликаялъул цониги шагьар яги росу батиларо, токалъул масъалаялъ ракӏ унтизабичӏеб. Гьелда бан кьураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна С. Меликовас: «Тӏоцебесеб иргаялда кӏвар буссинабизе ккола токалъул мухъалда ккараб къварилъи тӏагӏинабиялъул хъулухъалде. Гьелъул хӏалтӏи камил гьабиялде бербалагьи цӏикӏкӏинабуна 2021 соналдаго ва гьанже, токалъул квар тӏуниги, трансформатор бухӏаниги, гьеб иш рукӏалиде ккезабула къокъаб заманалда. Цебе кӏиго-лъабго къоялъги къачӏачӏого толеб букӏун батани, жакъа гьелъие хӏажалъула цо чанго сагӏат.\n«Россети Северный Кавказ» абураб идараялъулгун къотӏи гьабун буго СКФОялъулги ЮФОялъулги регионазда хасал бригадаби гьанирго рукӏине ккеялъул хӏакъалъулъ. Къварилъи ккараб бакӏалде хехго ритӏула гьел.\nКӏиабилеб. 2021 соналдаса байбихьана трансформаторал, токалъул кварал хисизе. 2022 соналда гьеб хӏалтӏи гьабуна мугӏрузул районазда. Газ гьечӏеб росулъ токги свараб мехалда, балагь рещтӏараб хӏисаб букӏуна. 2023 соналда ракӏалда букӏана гьебго хӏалтӏи Махӏачхъалаялда ва цогидал шагьараздаги гьабизе, амма гӏарцул рахъалъ гьелъие рес кьечӏо. Улкаялъул\nпрезидентасулгун ва федералиял министерствабазулгун гьарурал дандчӏваяздаса хадуб гьелъие гӏарац щвана ва жакъа гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго. Лъабабилеб масъала – кӏудияб къуваталъул токалъул кварал хиси. Гьеб буго 2027 соналде щвезегӏан гьабизесеб хӏалтӏи. Ракӏалда буго 2030 соналде щвезегӏан гьелъул болжал цӏикӏкӏинабизе. Гьеб программаялъе хӏажалъула гӏемераб гӏарацги заманги».\nГӏемертӏалаял минаби ва сверухълъи\nМахӏачхъалаялъул Элза Ибрагьимовалъул къотӏноб бугеб №27 «б» минаялда гӏумру гьабулел гӏадамаз борхана азбаралда санагӏат гьабиялъул масъала. Гьединабго хӏал батила тахшагьаралъул гӏемерисел къватӏаздаги. Масала, сакъатай гӏадан, инвалидазул гьакида гурони\nкъватӏие яхъине рес гьечӏей Сабрина Гӏалиевалъги паратхеквондоялъул рахъалъ Россиялъул анлъцӏул чемпионка Сакинат Мухӏамадовалъги Меликовасда бицана, шагьаралъул\nкъватӏазул ахӏвал-хӏалалъ жидее гьарулел квекӏеназул хӏакъалъулъ. Мина балев чияс гьелда сверухъ бугеб бакӏалда гӏадамазе санагӏалъи гьабизе кколин абуна С. Меликовас.\n«Ставрополалда цониги хӏакимас гъулбасунаро, инвалидазеги лъималазеги санагӏатаб азбарги къватӏги гьечӏеб бакӏалда бараб мина къабул гьабиялъул документалда гъоркь.\nНилъеразул яхӏ-намус макьидаса борчӏизабизе кколеб бугоха! Гьанже хӏадуризе ва къабул гьабизе ккела гьел масъалаби тӏураялъе квербакъулеб хасаб закон», — ан абуна гьес.\nБакӏал раялъул бутӏаялда масъалаби гӏемерлъизарулел руго байбихьудасаго законалъул тӏалабал сан гьаричӏолъиялъ. Ихтияр гьечӏого ккураб ракьалда, изну кьолел документал щвелалдего, балеб буго мина. Проект-смета букӏунаро, щуго тӏала базе ихтияр кьураб бакӏалда\nбала 10 тӏала ва тӏадеги – мансарда. Гӏадамаз кьураб гӏарац, пачалихъияб бюджеталъе мукъсанаб бутӏаги кьун, рещтӏуна намус гьечӏел застройщиказул кисиниб. Дагъистаналъе кутакалда кӏвар цӏикӏкӏараб ва масъалаби гӏемераб буго гьебанги абун, С. Меликовас ракӏалде щвезабуна РосКапСтрой (Россиялъул Бакӏал раялъул министерствоялъул бутӏа) абураб идараялъул 2020 соналда халгьабураблъи. Гьеб мехалда Дагъистаналда батана изну гьечӏого\nбараб 457 гӏемертӏалаяб мина. «Гьелеха масъалабазул гӏомогороялъул кьучӏ. Генералияб планалда рукӏарал минабазда рекъон кьолеб букӏараб токалдеги, лъималдеги, коммуналиял хъулухъаздеги кколеб буго тӏадецуй ва гьелъул хӏасилалда ккола батӏи-батӏиял къварилъаби», —\nян бицана Сергей Меликовас.\nНухал ва цогидабги\nКъокъго рехселин гӏадамазул суалазе ДРялъул бетӏерас кьурал жавабал.\n— Тахшагьаралда бугеб Шамил имамасул цӏаралда бугеб проспект къачӏазе ккеялъул гӏемер бицунеб буго. Гьелъул хӏакъалъулъ мухӏканго бицине буго 2024 соналда.\n— СВОялда ругел ва ковидалдегун рахунел унтабазде данде къеркьолаго жигарчилъи загьир гьабурал гьоркьохъеб даражаялъул медицинаялъул хӏалтӏухъабазе (медсестра, медбрат) хасаб шапакъат букӏине ккела. Гьелда тӏад ургъизе руго.\n— Живго цохӏо гамидаги рекӏун, кӏицӏул дунял сверарав машгьурав ралъдахъан Евгений Гвоздевасул 90 сон тӏубай кӏодо гьабизе буго. Ракӏалда буго гьесул цӏаралда яхтазул клуб рагьизеги.\n— Махӏачхъалаялда сверухъ ругел поселоказда канализация гьабизе ккеялъул суал битӏараб буго\nва гьеб тӏубазабизе ккола. Гьеб мурадалда гӏумруялде бахъинабулеб буго Махӏачхъалаялъул коллектор къачӏаялъул проект. Хадуб цӏигьаризе руго чороклъиялдаса лъим бацӏцӏад гьабиялъул бакӏал. Гьеб мехалда байбихьила тахшагьаралъулги сверухъ ругел поселоказулги канализациялъул масъала тӏубазе.\n— Жамгӏияб транспорт – кӏвар бугеб масъала буго. Гьеб тӏубазеги буго.\n— Социалияб такси. ДРялъул бетӏерас рагӏи кьуна гьелъие жеги 10 машина босизе.\n— Гӏемерал муниципалитетазда гӏадамазе щолеб гьечӏо бацӏцӏадаб лъим. Дагь-дагьккун гьеб масъала тӏубалеб бугин бицана регионалъул бетӏерас.\n— Махӏачхъалаялда бугеб Тбилисская къотӏноб бан бахъараб мина биххиялда бан, С. Меликовас абуна: «Бульдозералда гъоркь егарай чӏужугӏадан – гьеб дица рикӏкӏуна застройщикас ургъараб хӏиллалъун. Гьедин гьабизе бегьуларо! Ордер щвелалдего, гӏадамал риччазе бегьулароан гьеб минаялъуре. Изну гьечӏого бараб мина буго гьеб. Изну гьечӏого гӏумруги гьабулеб буго гьениб гӏадамаз. Щибха гьабилеб? Гӏемерисез абулеб буго гьеб мина биххизе кколин, гьеб базе ихтияр кьурал жавабчилъиялдеги цӏан. Дирги буго гьединабго пикру. Гьединлъидал жакъа ниж\nхӏалтӏулел руго прокуратурагун. Гьересиял кагътал кьурал гӏадамазе гӏадлу гьабизе буго.\nГьеб суал дандбана шагьаралъул мэрасулгунги. Ургъулел руго гӏадамазул гӏарац бецӏиялда яги гьезие батӏияб бакӏалда рукъзал кьеялда тӏад. Гьел гӏадамазда лъалаан, мина базе ихтияр кьолел документал гьечӏеблъи. Гьез хитӏаб гьабизе кколаан низам цӏунулел идарабазухъе яги ЦУРалде (регионалъе нухмалъи гьабулеб централде). Законалда рекъон гьабизе ккола кинабго хӏалтӏи.\nДРялъул бетӏерасул рахъккола\nДРялъул бетӏерас халкъалъулгун гьабураб гара-чӏвариялъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна нижер редакциялъе муниципалитетазул бутӏрузги жавабиял хӏалтӏухъабазги.\nБолъихъ районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатов: «ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасулгун букӏараб чӏагояб гара-чӏвариялда рорхана республикаялъул гӏадамазе кӏвар бугел ва чара гьечӏого тӏуразе кколел масъалаби. Гьезда гьоркьор рукӏана токалъул, нухазул, Махӏачхъалаялда ран ругел гӏемертӏалаял минабазул ва цогидал суалал. Хьул буго гьел тӏуразариялъе нухал ратиялде ва республикаялъул министерствабазгун ведомствабаз халкъ разияб хӏалалда гьеб хӏалтӏи гьабиялде. Букӏана гьениб нижер районалъул Гӏанди росулъ лъималазул ах баялъул суалги. Гьеб буго хӏакъикъаталдаги чара гьечӏого хӏажатаб иш: кӏудияб росдае гӏолеб гьечӏо гьитӏинаб лъималазул ах. Гӏемерисел лъимал школалде хьвадизе байбихьула лъималазул ахикь щвезе рес бугеб лъайги гьечӏого. Гьединал лъималазе захӏмалъула цӏалуда хадур гъезеги, классцоязда гьоркьор хьвадизеги. Хьул буго гьеб масъала тӏубаялде».\nБежтӏа участокалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Шамил Арадахов: «Токалъул, сахлъи цӏуниялъул, сверухълъи берцин гьабиялъул, цӏиял социалиял бакӏал раялъул, нухазул ва жеги гӏемерал суалал рорхана гӏадамаз гьеб чӏагояб гарачӏвариялъул заманалда. Дица абила: гьеб букӏана пайдаяб гара-чӏвари. Нилъеда бихьана республикаялъул бетӏерасда лъугьа-бахъунеб жо лъалеб букӏин, масъалаби тӏуразаризе гьев хӏадурав вукӏин. Гьабун бажаруларебги гьабизе\nбугин чӏобогояб рагӏиги гьес кьечӏо. Щибаб хӏужаялъул бицана мухӏканго, чӏванкъотӏун, бугеб ресги хӏисабалде босун. Масала, руго масъалаби, гьабсагӏатго тӏуразаризе рес бугел, руго гьелъие цӏикӏкӏараб заман хӏажалъулелги. Хӏакъаб жо – республикаялъул цебетӏеялъе кӏудияб кӏвар бугел суалалги масъалабиги тӏоцебесеб иргаялда тӏуразаризе хӏаракат бахъулеб буго гьес.\nЖакъа нилъ руго парахатго, жинди-жиндир рокъор чӏун. Гьединаб рес кьолеб буго нилъее СВО-\nялда кьалул коронир къеркьолел ругел нилъер бахӏарчиял гӏолохъабаз. Щивасда лъала, рагъда чӏварал бахӏарзазул цӏарал даимлъизаризеги гьезул хъизамазеги С. Меликовасул\nхӏаракаталдалъун кумек гьабулеб бугеблъи. Гьеб рахъалъ дица тӏубанго рахъккола Сергей Меликовасул политикаялъул. Гӏадамаз кьурал суалазул рахъалъ абуни, щивас суал кьола жиндир ракӏалъул тӏалабалда рекъон. Щиб тӏалаб гьабулеб бугеб щивасул ракӏалъ – гьеб бараб буго батӏи-батӏиял гӏиллабазда. Рукъалъул кӏалтӏа бугеб гъветӏ къотӏийищ кӏвар бугеб яги росулъе лъим, газ бачин ва нухал гьарийищ – гьеб тӏаса бищула щивав чияс жинцаго.\nГьенир рехсарал масъалаби хасиятал руго Бежтӏа участокалъеги. Хьул буго, ДРялъул бетӏерасулги, ДРялъул хӏукуматалъулги ва ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги цадахъаб хӏаракаталдалъун рехсаралги гьоркьор хутӏаралги масъалаби тӏуразариялде».\nДРялъул бетӏерасул кумекчи Мухӏамад Хӏажимухӏамадов:\n«Республикаялъул бетӏерас рагьараб эфир тӏобитӏи дица лъикӏаб ишлъун рикӏкӏуна. Бихьулеб буго, С. Меликовас халкъалъул тӏалаб гьабулеб букӏин, гьезул пикруялъухъ гӏенеккулев вукӏин. Анцӏго суалалда гьоркьоса щугониги тӏубазе ресги батизе бегьила. Гьединлъидал, дир гьари буго, цоцаца какулел рукӏинчӏого, гъункун, цолъун, бажарараб кумек гьабейин абураб. Нилъерго Дагъистанги, мацӏги, гӏадатги цӏунизе, нилъ рукӏине ккола цолъун. Нилъер умумузул букӏараб вацлъи-цолъи кӏочене бегьуларо. Гьез малъухъе хьвадани, нилъер иш битӏун ккезе буго.\nЖакъа дун ун вукӏана нилъер муфти Ахӏмад-апандиясухъе. Гьес гьоболлъухъе ахӏун букӏана Палестинаялдаса лъутун рачӏарал гӏадамазул къокъа, къварилъиялда ругел нилъер диналъул вацал. Муфтиясухъе щведал, хӏикмалъун хутӏана гьел. Гьез абулеб букӏана Ал-Акъса мажгиталде щвараб гӏадаб хӏисаб бугин жидер ракӏазулин абун. Гьаб щиб бакӏ, жидеда бичӏчӏулеб гьечӏо, кире рачун ругелалиян гьарана гьез дида. Дица бицана, Дагъистаналъул муфтиясул рукъ бугин гьабин абун. Бицана, муфти гуребги, Ахӏмад-апанди шайихги кколин, дагъистанияз кутакалда\nадаб-хӏурмат гьабулев устарги вугин абун. Гьеб мехалда гьез Аллагьасе щукру гьабуна, гьедигӏан кӏудияб даражаялъул чиясухъе щвезе жидее рес кьуралъухъиланги абун. Муфтиясухъе гьалбал рачиналъе кӏудияб кумек гьабуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас. Ругеб бакӏалдаса бокьухъе къватӏире риччаларо дол. Ахӏмад-апандиясухъе щвезе ихтиярги кьуна гьезие С. Меликовас, гьел досухъе рачине машинабиги кьуна, гьезда цадахъ, щиб кканигиян абун, полициялъул машинабиги ритӏана. Палестинаялдаса 250 чи вачӏун вуго Дагъистаналде. Республикаялъ\nгьезие гьабулеб буго бажарараб кумекги. Дун ун вукӏана дове, Палестинаялъе рахӏмуялъул кумекги босун, республикаялъул вакил хӏисабалда. Гьезги нилъее кӏудияб баркала кьуна,\nжидее дугӏа гьабеян гьарана».\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "vdnhayalda-niler-becheli", "url": "https://hakikat.info/?nationals=vdnhayalda-niler-becheli", "title": "ВДНХаялда нилъер бечелъи", "date": "2023-12-20 12:14:30", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Москваялда, ВДНХялда тӏобитӏулеб бугеб «Россия» халкъазда гьоркьосебвыставка-форумалда гӏахьаллъи гьабулеб буго Дагъистаналъул вакиллъиялъги. Гьениб,анкьабилеб декабралда тӏобитӏана Дагъистаналъул къо. Тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъулбетӏер Сергей Меликовги хӏукуматалъул цо-цо вакилзабиги. «Россия в миниатюре» абунцӏар лъуна гьес гьеб къоялъ ВДНХялда букӏараб республикаялъул цебелъеялда. «Россия-24» каналалъул хӏалтӏухъаналъе экскурсияги гьабуна Дагъистаналъул стендалда цеесансвериги бахъулаго. Выставкаялда бихьизабуна экономикаялъул, нухал раялъул, социалияб рахъалъул, лъайкьеялъул, туризмалъул ва спорталъул рахъалъ республикаялъул ругел церетӏеял. Халкъазда гьоркьосеб выставкаялде рачӏаразе рес букӏана Расул Хӏамзатовасултворчествоялъулгун лъай-хъвай гьабизеги, Дагъистаналъул халкъазул батӏи-батӏиябмахщалил тӏагӏелал рихьизеги. Дагъистаналъул выставка ВДНХялда бихьизабуна Дербенталъул Некӏсияб хъалаялъулсипат-сураталда. Цохӏо Россиялъул регионаз гуребги батӏи-батӏиял компанияз ва жамгӏиял идарабазгӏахьаллъи гьабуна тадбиралда. ВДНХялда бугеб выставка-форум халат бахъине буго тӏадеялъул 12 апрелалде щвезегӏан. Гьелъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго газеталъул хадусел номеразда. А. Юсупов"}
{"slug": "gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal-3", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal-3", "title": "Гьаб соналъ машгьурал магӏарулазул юбилеял", "date": "2023-12-28 15:39:14", "categories": ["insan"], "text": "Хандиев Мухӏамад (1818-1861)\nГьавуралдаса 205 сон\nМагӏарул мацӏалъул грамматика ва словарь хъварав гӏалимчи, педагог.\nГӏажаибаб букӏана Мухӏамадил гӏумруги.\nБесдаллъараб хъизамалъ гӏумруялда жаниб гӏемераб жо хӏехьезе ккана. Гьединлъидал Мухӏамадил лъимерлъи букӏана захӏматаб. Амма гьев вукӏана къохӏехьолев, къвакӏарав вас. Мухӏамадица хьихьулаан боцӏи, бекьулаан хур, жигаралда гьабулаан рукъалъул магӏишат. Мухӏамадил гӏумру данде ккана Кавказалъул рагъул заманалда."}
{"slug": "gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal-4", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gab-sonal-mashgural-mag1arulazul-yubileyal-4", "title": "Гьаб соналъ машгьурал магӏарулазул юбилеял", "date": "2023-12-28 15:41:25", "categories": ["insan"], "text": "Мухӏамад-Амин (Асиялов) (1818-1899)\nГьавуралдаса 205 сон\nЧергесиялда Шамил-имамасул наиб, политикияв ва пачалихъияв хӏаракатчи, гӏалимчи. Гьавуна Гьонода росулъ. Шамил-имамас гьев тӏамун вукӏана Чергесиялъул наиблъун.\nГьес 11 соналъ нухмалъи гьабулеб букӏана (1859) адигазул халкъаз гӏурус пачаясде данде гьабулеб рагъуе.\nГьеб захӏматаб заманалда гьес живго вихьизавуна гьунар бугев бодул цевехъан ва хӏаракатав гӏуцӏарухъан хӏисабалда."}
{"slug": "doneczkiyalde-vasasuhe-sapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=doneczkiyalde-vasasuhe-sapar", "title": "Донецкиялде — васасухъе сапар", "date": "2024-01-10 12:02:04", "categories": ["obshestvo"], "text": "Чанго къоялъ васас телефоналъ ахӏун бачӏинчӏеб мехалда, дица гьесул рагъулал гьудулзабазухъе ахӏана. Дир телефон борхизе бокьун букӏинчӏеб къагӏидаха гьезие. Щайгурелъул дир вас унтун вугин абизе бокьунгутӏиялъ. Дир гьитӏинав васас ахӏараб мехалда, вацасул рагъулав гьудулас абун буго, нужеца вац рокъове щай вачунаревин, дов унтунги, хӏалихъе хӏатӏазда вахъунчӏунги вугин абун. Цинги, щуабилеб къоялъ, васас жинцаго ахӏун бачӏана, тӏаса лъугьайила, эбел, унтун вукӏанин дагьавгойилан абун.\nЭбелалъул ракӏ кинха букӏинеб СВОялде арав васасул хабар къотӏидал. Гьединлъидал къасд гьабуна, хехабго къагӏидаялъ аптекабаздеги ун, къваригӏанщинал дарабиги кванил нигӏматалги росун васасухъе сапар бухьине.\nДун ячӏуней йигин рагӏидал, цадахъ вугев кӏиго рагъулав гьудуласги рокъобе хабар гьабун бугоан жидерго руччабазде, гьалмагъасул эбел ячӏуней йигин абун. Цинги гьезги диргун бухьен гьабуна ва россабазе посылкаби ритӏана дихъеги кьун.\nМахӏачхъалаялдаса Ростовалде унеб автобусалда рекӏана дун. Гъизляр шагьаралде щвараб мехалда, автобусалда рекӏинелъун тӏаде вахун вачӏарав 50 сонил ригьалде вахарав чи, дида аскӏоб бугеб чӏобогояб бакӏалда гӏодов чӏана. Щиб-кинилан цӏех-рех гьабидал, лъана гьев Шамил районалъул Гӏурада росулъа Москваялда гӏумру гьабун вугев Жамбулат вукӏин. Ростовалде щведал, автобусалдаса рещтӏарай дие, чӏахӏиял сумкабигун йикӏаралъул, кумек гьечӏеблъиги бихьун, гьес дун босун билетгун рекӏинаюна Донецкиялде унеб автобусалда. Руго нилъер жеги иман-яхӏ бугел гӏолохъаби.\nЩвана, телевизоралдасан гурони жеги бихьичӏеб, Донецк шагьаралде. Гьеб шагьаралда дида рихьичӏо рачӏунел-унел гӏемерал гӏадамалги, нилъер шагьаразда гӏадин хьвадулел гӏемерал машинабиги. Гьениб зодил кьерцин бугоан цо батӏаго гӏажаибаб, бецӏаб, рокьукъаб кьералъул, накӏкӏул цӏураб. Вокзалалдаги къватӏаздаги рихьулел рукӏана гӏицӏго рагъулаб форма ретӏарал чагӏи. Цинги ахӏана васасухъе ва цӏехана кие ячӏине кколейин абун.\n— Мун гьание ячӏунге, эбел, гьаниб хӏинкъи буго, дроналги рукӏуна тӏасан роржанхъулел. Нижго рачӏина дуда данде, гьенийго чӏа, — ян кӏалъана вас.\n— Дие нилъерго гӏолохъаби ругеб бакӏги, нуж рега-рахъунеб, кваналеб бакӏги бихьизе, гьение ячӏине бокьун буго, дир вас. Дун гьение ячӏине ккола, дир ракӏ гӏодобе буссине ккани, — ян дица абидал, гьесул командирас, старшинаяс лъазабун буго, щиб бицунги эбел гьание йиччагейин, нужго дандеги ун, хехго тӏадги руссайин абун.\nГьезухъги гӏенеккичӏого, дица ба лагьулеб букӏана Веселое поселокалде унеб такси. Амма цогӏаги таксичиясе бокьулеб букӏинчӏо дун гьение ячине. Гьез абулеб букӏана дуда лъаларогойищин бугеб гьениб бугеб ахӏвал-хӏалилан абун.\n— Лъала, гьебги лъан гурищ дун гьание щвезегӏан васасухъе ячӏун йигей, — ян жаваб кьолаан дицаги.\n— Ниж хӏинкъула гьенире ине, нижее жеги рухӏ хирияб буго, — ян абуна таксичияс.\n— Дун ана, цо хинаб бакӏги балагьун гӏодой чӏезе, вас тӏаде щвезегӏан.\nВачӏана вас, рагъулаб машинаялдаги рекӏун, гьудулзабигун. Жидерго эбел ячӏарайгӏанги рохана цадахъ рукӏаралги. Нилъерго ватӏан тун къватӏир щведал, цӏакъ бокьула нилъерго чи вихьизеги кӏалъазеги. Дир васасулги рохалие гӏорхъи букӏинчӏо.\n— Цо нухалда дуда къвал базе щолебанищин вукӏана, эбел, дун. Цинги хваниги кӏваричӏо, — янги абун, васас дида къвал бана. Машинаялда жанир гӏодорги чӏун, гара-чӏварана гьел гӏолохъабигун, дирго васгун. Амма гьел гӏедегӏун рукӏана, гьеб сордоялъ гьужумалъ (позициялде) ине кколел рукӏун руго. Ярагъ хӏадур гьабизеги кколеб букӏун батиларищха.\nГьел ана… Вас чӏаго, сах-саламат го вихьиялдаса йохунги йикӏана, хех го цоцаздаса ратӏалъизе кколеб букӏиналъ ракӏги къварилъана. Амма дир мурад букӏана васасда аскӏоб цо лъабгогӏаги къо базе ва гьезие рокъобго гӏадин хинаб квенги гьабизе, бакъвараб бакьги, гьанги тӏамун хинкӏалги гьаризе. Пайда щиб, мурад тӏубачӏо.\nАмма ракӏ къварилъиялъ рекӏе дацин ятичӏо, гьезда цадахъги чӏун цо суратгӏаги бахъизе.\nГьесда цадахъ руго Алмахъалдаса, Гъуниса, Гъизилюрт, Каспийск ва Махӏачхъала шагьараздаса гӏолохъаби – микьгоял.\nГьел ругеб поселокалда гьабсагӏат буго хӏинкъараб ахӏвал-хӏал. Дунял рукӏкӏаралдаса гордазда щиб бигъунги, гьел бецӏ гьаризе кколел руго, жанив чи вукӏин лъаларедухъ. Къаси-къасиги къватӏире рахъине рес гьечӏо, щайин абуни, гьаракь гьечӏого роржанхъулел къасисел дро наз рахӏат толарого букӏун. Гьение посылкаги босун росасухъе щвезе ячӏарай цо гӏадан, дроналъ речӏчӏараб жоялъул маххул кесекги щун, хун йиго. Гьединлъидал гьенире риччалел гьечӏо, хасго тӏаде рачӏарал.\nВасги гьесул гьудулзабиги жидерго рагъулаб часталде нухаги регӏун, дун ана Донецк шагьаралде, диего сордо базе бакӏ балагьизе. Цо остановкаялда чӏарай кӏудияй гӏаданалда цӏехана гьаниб гӏагарда гостиница киб бугебилан. Гьелъ дида бичӏчӏизабуна кие ине кколеяли. Щибго бичӏчӏичӏей дун ялагьун чӏедал, гьелъ цӏехана киса ячӏарай гӏаданилан абун. Дун тӏоцее щолей йигин гьание, васасухъе ячӏарай йигин дица абидал, гьелъ абуна, гьеб батӏияб иш бугин ва жинда цадахъ йилълъайин абун. Цадахъ шагьар сверана нижеца, дие гостиницалда чӏобогояб номер балагьулаго. Рагъул гӏахьалчагӏи гьенир гӏемер рукӏиналъ, гӏемерал гостиницабазда бакӏал гьечӏоан, ахиралда батана цо номер ва гьений дунги парахат гьаюн гурони Ольга рокъое инчӏо. Гостиницаги бугоан цӏакъ квачараб, гьечӏоан отопление, бухӏараб лъим. Гьеб гьабулеб бакӏал кьвагьизарун ругилан бицана, гьелъул хӏалтӏухъаби жалгоги ругоан квачан холел.\nСордо рогьинегӏан бер данде бачинчӏо. Макьуги кин щолеб, къаси гӏадаб квачарал сардаз хандакъаз да жанир сардал разе ва салги ну харегӏун. Рогьинегӏан ра гӏулеб бу кӏана рехулел бомбабазул ги, кьвагьу лел гӏарадабазулгун пуле ме та зулги гьаркьал, гьебгиха — гӏинда нахъа бугеб гӏадин.\nКидадай сордо рогьинаян йикӏарай дун, рогьалилъ гъапуллъун ккун ятана. Тӏуркӏун йорчӏизаюна дие кумек гьабурай дой Ольгал телефоналъул ахӏиялъ. Жий ячӏуней йигин абуна гьелъ мун рокъое регӏизе. Гьей гӏурус миллаталъул гӏаданалъ, эбелалъ яс нухда лъолей гӏадин, йитӏана дунги сапаралъ. Автобусалде дунги яхун, гьеб багъаридал гурони гьей нахъе инчӏо. Нижер лъикӏаб гьудуллъиги ккана. Ва риидал Дагъистаналде гьоболлъухъ ячӏине гьелъ рагӏиги кьуна.\nРостовалде ячӏунаго, ахӏун бачӏана Гӏурадаса Жамбулатица, щиб ккарабин, нух битӏанищин абун. Дицаги бицана ккара-тараб ва абуна тӏадюссун ячӏуней йигилан. Гьес абуна жив духъ балагьун чӏезе вугин абун. Москваялде рекӏине босараб билетги нахъе кьун, гьев ватана дида автовокзалалда, къаси сагӏат ичӏгоялда бугеб автобусалъе ахирисеб билетги босун. Гьенивги, дун автобусалда рекӏинаюн, гьеб багъарун хадуб гурони гьев нахъе инчӏо. Гьелде тӏадеги, дие нухда кваназе жо босунги вачӏана.\nАллагьас сахлъи кьеги гьединал сахал гӏолохъабазе.\nГьарула нилъер гӏолохъабазе сахлъи, улбузе сабру, сах-саламатго жидерго хъизамазухъе бергьенлъабигун тӏадги руссаги гьел.\nРукъият ГӏАЛИСУЛТАНОВА"}
{"slug": "zaraliyab-kven-shhaj-limalaze-koleb", "url": "https://hakikat.info/?nationals=zaraliyab-kven-shhaj-limalaze-koleb", "title": "Заралияб квен щай лъималазе кьолеб?", "date": "2024-01-10 13:59:45", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Гьал къоязда ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялда хӏукуматалъул председателасул заместитель Нариман Гӏабдулмутӏалибовасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏана социалиял идарабазде гьитӏичазе кьезе кванил нигӏматал росиялъул рахъалъ суалал рорхараб данделъи. Гьелъул аслияб мурад букӏана Махӏачхъалаялъул социалиял идарабазде ричун росулел нигӏматал жидехъ кьураб багьаялде дандекколареб, къадараб бати ва тӏокӏалъ гьединал хӏужаби ккеларедухъ хӏалтӏи гӏуцӏи.\nДанделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул, Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул, Лъай кьеялъул, Сахлъи цӏуниялъул, Спорталъул министерствабазул хӏалтӏухъаби, гьединго ДРялъул госзакупкабазул комитеталъул, Роспотребнадзоралъул, Россельхознадзоралъул, Жамгӏияб палатаялъул вакилзаби.\nЦебегӏанги школаздагун яслиахазда лъималазул сахлъиялъе заралиял жал гъорлъ жубараб, учузаб нах кванилъ хӏалтӏизабулеб батун, ДРялда бугеб Россиялъул Цӏех-рехалъул управлениялъ уголовнияб дело рагьун букӏана «Махӏачхъалапродукт» абураб муниципалияб идараялъул рукӏарал нухмалъулезда тӏад. Гьез лъай кьеялъул идарабазде щвезабулеб нигӏматалъул къадаралъул ва даражаялъул халгьабичӏого, школаздегун ясли-ахазде кванил нигӏматал росулел хӏалтӏухъабигун къотӏикъайги гьабун ришватал росулел ругин абураб гӏайиб гӏунтӏизабулеб букӏана.\nЛъималазул сахлъиялда барахщичӏого, жидеего хайир кколедухъ, гьезул кванилъ хӏилла-рекӏкӏ гьабулел какун ва гьеб ришватчилъи цӏикӏкӏараб пиша роцӏинабизе мурадгун кӏвар бугеб масъала борхана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул председателасул кумекчи Гӏалибег Гӏалиевас.\nГьес бицана щарил нахинги абун бичулеб пальмаялъул нах гъорлъ жубараб, нахуда релълъараб жо, базаралда бичулелдаса кӏиго нухалъ хираго бичулеб батанин пачалихъиял лъай кьеялъул идарабазе. Гьеб нах лъималазул сахлъиялъе заралияб букӏин чӏезабуна Роспотребнадзоралъги. Гьес бихьизабуна, 23 октябралда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасги социалиял идарабазе росулел кванил нигӏматазул даража какараблъи.\nГӏалибег Гӏалиевас данделъиялда гӏахьаллъарал министерствабазул хӏалтӏухъабазда цебе суал борхана росдал магӏишаталъул рахъалъ цебетӏураб, 2022 соналда 853 азаргогӏанасеб гӏака хьихьараб, 940 000 тонна рахь кьолеб республикаялда лъималазе квание хӏалтӏизаризе рахьдал нигӏматал цогидал республикабаздаса щай росизе кколелин абун.\nГьеб масъалаялда тӏаса Гӏ. Гӏалиевас гьадин бицана «Хӏакъикъат» газеталъе:\nЛъималазул сахлъиялде кӏвар кьолеб гьечӏо\n— Нилъер лъималазул сахлъи цӏуниялъул кӏвар бугеб данделъи тӏобитӏана ДРялъул Росдал ма гӏишаталъул министерствоялда. Гьенире ахӏун рукӏарал лъималазул сахлъиялдаги, гӏумру гьабиялъул даражаялдаги хурхарал министерствабазул нухмалъулел рачӏинчӏо.\nЛъималазе квен гьабизелъун нигӏматал ричун росулеб идараялдайин абуни рукӏине ккола гӏицӏго щолеб харжалъул пикру гьабулел хӏакимзаби гурел, унго-унгоги лъималазул сахлъиялъул ургъел гьабулел, гьеб суалалъ ракӏ унтарал гӏадамал. Жидерго лъималазде гӏадаб бербалагьи букӏине ккола гьезул ясли-ахазул ва школазул лъималаздехун.\nКванил нигӏматазда бараб буго лъималазул сахлъи. Гьеб жагъаллъани, лъимал цӏалулъги нахъе ккола, цогидал захӏмалъабиги раккула.\nЛъималазул сахлъи цӏуниялъул суалал рорхараб данделъиялде рачӏинчӏо ДРялъул я сахлъи цӏу ниялъул, я лъай кьеялъул, я захӏматалъулгун социалияб цебе тӏеялъул министрал.\nЛъай кьеялъул идарабазде нилъерго республикаялда гьабулеб бацӏцӏадаб нигӏмат босизе квалквал гьабулеб буго ишги лъаларел, хӏалтӏизеги бажаруларел чагӏаз. Лъиего балъгояб жо гуро гьеб идараялъул нухмалъиялде гӏадатиял гӏадамал кколареблъиги.\nЛъималазе квен гьабизелъун нигӏматал ричун росулеб идараялдайин абуни рукӏине ккола гӏицӏго щолеб харжалъул пикру гьабулел хӏакимзаби гурел, унго-унгоги лъималазул сахлъиялъул ургъел гьабулел, гьеб суалалъ ракӏ унтарал гӏадамал. Жидерго лъималазде гӏадаб бербалагьи букӏине ккола гьезул ясли-ахазул ва школазул лъималаздехун.\nДокладал хӏажат гьечӏо\nИсана пачалихъалъ «Махӏачхъалапродукталъе» 800 миллион гъурущ биччан букӏана лъималазул ахазде хьвадулезе ва школлъималазе мадараб квен босизе.\nЦебеги гьеб суал гӏемер борхулаан дица. Аслияб жо буго лъималазе квен босулеб бакӏалда рукӏине кколел хӏалтӏухъабазул суал. Нижеца гӏуцӏана жамгӏияб совет. Лъималазул ахазда, школазда кинаб квен кьолеб бугебали халгьабулел экспертал тӏаса рищана.\nБаркала буго Нариман Гӏабдулмутӏалибовасе дица борхараб суалалъухъги гӏинтӏамун, лъималазул кванил ва сахлъиялъул хӏакъалъулъ кӏвар бугеб данделъи тӏобитӏаралъухъ. Гьеб данделъиялдаса хадубги хӏукму гьабуна, лъималазул сахлъиялъе зарал бугел нигӏматал школаздагун ясли-ахазда хӏалтӏизариялъул хӏужаби тӏокӏалъ такрарлъиларедухъ хӏалтӏи гьабизе.\nВице-премьерас лъазабуна гьеб суалалде тӏокӏалъ тӏадруссинаредухъ чӏванкъотӏараб хӏукму гьабулеб цоги данделъи тӏобитӏизе бугин.\nГьес абуна, лъималазул сахлъиялъе заралги гьабун, гьелдаса хайир босулел Аллагьасукьа хӏинкъизе кколин. Гьеб суалалда тӏасан данделъиялда докладал цӏаларал министерствабазул ва цогидал идарабазул вакилзабазда Н. Гӏабдулмутӏалибовас абуна, нужер докладал хӏажат гьечӏин, лъималазул кванирукъал унтичӏого рукӏиналъе хӏалтӏи гьабизе кколин абун.\n«Махӏачхъалапродукталъул» цӏияв нухмалъулевгунги кӏалъана дун. Дие рекӏее гӏуна гьесул пикрабиги хӏалтӏудехун бугеб бербалагьиги. Гьесие квербакъи гьабизе буго дицаги. Гьес рагӏи кьуна лъималазул сахлъиялъе гӏоло хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго гьабизе ва социалиял идарабазе бо сулеб кванил нигӏматалъул даражаялда хадуб халкквезе.\nНилъерго гьаниб гьабураб щай босулареб?\nАхираб 15 соналда жаниб рахьдал нигӏматал гьарулел нилъерго республикаялдаса предпринимателал школазде нигӏматал росизелъун производителазда гьоркьоб тӏобитӏулеб конкурсалда бергьине толел гьечӏо.\nАхираб 15 соналда жаниб рахьдал нигӏматал гьарулел нилъерго республикаялдаса предпринимателал школазде нигӏматал росизелъун производителазда гьоркьоб тӏобитӏулеб конкурсалда бергьине толел гьечӏо. Гьеб буго гӏемерал соназда намус гьечӏел нухмалъулез хӏалтӏизабулеб бугеб, ругьунлъараб къагӏида. Нилъерго производителал гьоркьоре ккеларедухъ ургъараб къагӏида буго гьеб.\nГьеб буго гӏемерал соназда намус гьечӏел нухмалъулез хӏалтӏизабулеб бугеб, ругьунлъараб къагӏида. Нилъерго производителал гьоркьоре ккеларедухъ ургъараб къагӏида буго гьеб.\nГьел конкурсаздаги бергьуна Дагъистаналда дандеккун гӏезегӏанго дагьаб къадаралда гӏачи хьихьараб (123000 гӏака) Кабардино-Балкариялъул производителал. Гьедин босулеб нигӏматги учузаб букӏуна. Учузлъиялъе гӏиллалъунги ккола унго-унгоял нигӏматазул бакӏалда ба къвазабураб рахь ва пальмаялъулаб жубараб нах босулеб букӏин.\nГьединго Дагъистаналъул лъимал кваназаризе Удмуртиялдаса баччулеб батана рахьдал нигӏмат. Ришватчилъиялъул къагӏидаялда нигӏ матал росун ругьуназ нилъе р производителал аскӏоре къазе толаро, нилъерго гьаниб гьабураб бацӏцӏадаб нигӏмат босани, гьезие гӏарац тӏокӏлъуларелъул.\nНигӏматал росулеб идараялъ тендер тӏобитӏулеб мехалда, гӏада тияздаса гӏодорегӏанал багьаби хъвалел руго. Гьединаб багьаялде нигӏмат бичун нилъер производителазе хайирги щоларо.\nНилъер производителал хӏадур руго жидерго нигӏматал учузго ричизе, жидеегоги зарал кколареб хӏалалда. Боцӏуе кьолеб кормаялъухъги, нигӏматал гьарулаго гьезда тӏад гьабураб харжги рикӏкӏун, гьелдаса гӏодобе кколареб багьаялде бичизе хӏадур руго гьел.\nДица данделъиялдаги абуна лъикӏаблъун букӏинин анцӏго соналдасаги цӏикӏкӏун заманаялъ нигӏматал ричулел ругел, щаклъи гьечӏел производителал гурони къецалда гьоркьоре къазе риччачӏониян.\nБегьула гьезул нигӏматазухъ халгьабулеб хасаб комиссия гӏуцӏизеги.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "limalaz-baharab-multfilm", "url": "https://hakikat.info/?nationals=limalaz-baharab-multfilm", "title": "Лъималаз бахъараб мультфильм", "date": "2024-01-11 10:46:20", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "27 декабралда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда Расул Хӏамзатовасул 100 сон тӏубаялъул юбилеялде магӏарул ва гӏурус мацӏазда бахъараб мультфильм бихьизабуна. Гьеб хӏадурана «Мирадж» абураб «Центр развития для детей с особенностями развития и инвалидов с детства» абураб гӏуцӏиялъ (АНО).\n«Хӏакъикъаталъухъе» гьоболлъухъ рачӏун рукӏана Расул Хӏамзатовасул «Эбелалде» абураб кечӏги кьочӏое босун, мультфильмалъе суратал ра хъарал «Мирадж» централъул цӏалдохъабиги, гьезул улбулги, централъул нухмалъулелги.\n«Мираджалда» сахлъиялъул рахъалъ загӏипал лъимал чияр кумек гьечӏого жидецаго жидерго тӏалаб гьабизе ругьун гьарула, рукӏа-рахъине малъула. Централда гьединал лъималазе творческиял курсалги руго рагьун.\n«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас гьалбадерие баркала кьуна ва бицана исана Расул Хӏамзатовасул соналъулъ магӏарул газеталъ лъураб кӏвар бугеб бутӏаялъул хӏакъалъулъ.\nР. Хӏамзатовасул соналде чанго тадбир тӏобитӏана исана «Хӏакъикъат» газеталъги. Лъагӏалицаго хъвана гьесул гӏумруялда, творчествоялда хурхарал макъалаби. Хӏадурана проектал, гӏахьаллъана республикаялда Р. Хӏамзатовасул хӏурматалда тӏоритӏулел тадбиразда. Дагьаб цебегӏан «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановасул авторлъиялда гъоркь Расул Хӏамзатовасул хӏакъалъулъ бахъараб фильмалъе ва мухбир Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъалаялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна Тӏолгороссиялъулаб творческияб къецалда. Гьединго тӏоритӏана Расул Хӏамзатовасул кучӏдул рекӏехъе рицунезда гьоркьоб къецги.\nТадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул «Центр поддержки гражданских инициатив» абураб гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъан Жамилат Токашова, «Мирадж» централъул директор Аминат Шамсудинова, централъул творческиял проектал церетӏезариялъул рахъалъ директор Элла Хӏасанова.\nАминат Шамсудиновалъ бицана магӏарул мацӏалда мультфильм хӏадур гьабиялъул хӏакъалъулъ. Мультфильм хӏадурулаго ракӏалде кканин, тӏоцебесеб иргаялда, нилъерго рахьдал мацӏалде лъималазул рокьи бижизабизеян.\n«Мультфильм бахъизе цебего ракӏалда букӏана ва, 2022 соналда ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул грантги бергьун, нижеца гӏумруялде бахъинабуна «Горизонты будущего» абураб проект. Гьелда рекъон, лъимал суратал рахъизе ругьун гьарулеб арт-студия рагьана ва мульттерапия гӏуцӏана централда», — ян абуна А. Шамсудиновалъ.\nМультфильмалъе суратал рахъарал лъималазе, «Мирадж» централъул вакилзабазе рахьдал мацӏ цӏуниялъулъ лъураб бутӏаялъухъ «Хӏакъикъат» газеталъул рахъалдаса баркалаялъул кагътал кьуна бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас.\n«Мираджалъул» лъималаз бахъараб мультфильмалъухъ ралагьизе «Хӏакъикъаталда» данделъун рукӏана цогидал миллиял газетазул мухбирзабиги.\nП. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "halkal-gabula-gazeta", "url": "https://hakikat.info/?nationals=halkal-gabula-gazeta", "title": "Халкъалъ гьабула газета", "date": "2024-01-11 13:44:51", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Газеталъул хӏалтӏул кӏвар бугеб бутӏалъун ккола магӏаруллъиялъул ва магӏарулазул гӏумру бихьизаби, газета цӏалулезулгун бухьен кквей, подписка гӏодобе ккечӏого букӏиналъе ресал ралагьи. Гьеб ишалъе квербакъиялъе гьаб заманалда руго гӏемерал ва хехго бокьараб мурад тӏубалел техникиял алаталги. Амма щибго бахунаро чӏагояб хабаркӏалалде, рагьараб гара-чӏвариялде, эркенал дандчӏваязде. Гьединлъидал, кутакалда кӏвар бугеблъун ккола районазде ва росабалъе сапарал гьари, гӏадамалгун дандчӏвай.\nИсана нижецаги гьабуна чанго гьединаб сапар. Тӏоцебесеб букӏана Гъуниб районалде.\nАхирал соназда газеталъе подписка гьабиялъул иш гьениб беццизесеб хӏалалда букӏинчӏо. Районалъул бетӏер Расул Хӏусеновасулгун букӏараб дандчӏваялда, гьес битӏараблъун рикӏкӏана газеталъулгун бухьен цӏикӏкӏинабизе ккей ва рагӏи кьуна подпискаялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏал хисизабизе.\nХунзахъ ва Унсоколо (гьезда цадахъго Шамил, Цӏумада ва Гумбет) районал ккола газеталъулгун лъикӏал бухьеналги ва гьелъие подписка гьабиялъул рахъалъ цебесеб кьердаги ругел районал. Хадусеб соналдаги гьедин букӏине бугеблъиялда нижер ракӏ чӏезабуна районазул бутӏрул Нурмухӏамад Задиевас ва Гӏиса Нурмухӏамадовас.\nЖибго кӏудияб гьечӏониги, гӏезегӏан къадар газетазул уна Гӏахьвахъ районалде. Гьедин букӏиналъе исанаги квербакъана районалъул бетӏер Мухӏамад Муртазагӏалиевас, гье динабго божилъи гьабуна гьес хадусеб соналдеги.\nБолъихъ буго кӏудияб район, амма гӏадамазул къадаралда рекъараб букӏинчӏо подписка. Администрациялда букӏараб данделъиялда, районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатовас ва гьесул хӏалтӏухъабаз тӏаде босана гьеб суал рукӏалиде бачине, кьуна гьелда рекъарал тӏадкъаялги.\nХьаргаби буго подписка гьабиялъул рахъалъ магӏарул районазда гьоркьоб гьоркьохъеб бакӏ кко леб район. Районалъул бетӏер Мухӏамадгӏали Тӏагьировас бегьулеблъун рикӏкӏинчӏо гьединаб хӏал ва тӏаде босана гьеб хисизабиялъул иш.\nЛъикӏаб къадаралда подписка гьабулеблъун ккола Гъизилюрт район. Кьураб рагӏи ккуна ва исанаги къадар дагьлъизе течӏо районалъул бетӏер Рустам Татархановас. Тӏасияб соналдаги гьедин букӏиналда щаклъи гьечӏо.\nГӏага-шагарго гьединабго ахӏвалхӏал буго Казбек районалдаги. Хадусеб соналдаги гьеб рахъалде кьолеб кӏвар букӏин нижеда бихьана гьенибе гьабураб сапаралдасанги.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "tadbiral-garzayab-lagӏel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tadbiral-garzayab-lagӏel", "title": "Тадбирал гьарзаяб лъагӏел", "date": "2024-01-11 14:12:35", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Педагогасул ва насихӏатчиясул лъагӏалил хӏурматалда, исана Дагъистаналда гӏуцӏун букӏана 77 тадбир. Гьелда гӏахьаллъана 665 азарго чи. Лъагӏалида жаниб пачалихъиялгун ведомствоялъулал шапакъатал кьуна лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун педагогасе.\nПедагогасул махщалил даража бахинабиялъул мурадалда республикаялда къабул гьабун буго «2030 соналде щвезегӏан лъай кьеялъул идарабазе педагогиял хӏалтӏухъаби хӏадуриялъул концепция». Гьелда рекъон гӏумруялде бахъинабулеб буго РФялъул хӏукуматалъ тасдикъ гьабураб психологиялгун педагогиял классал церетӏезариялъул программа. 2023 соналъул тӏоцебесеб сентябралда республикаялда рагьана 149 психологиябгун педагогияб класс.\nДагь-дагьккун цӏикӏкӏинарулел руго учительлъун цӏализе рачӏунел студентазе бюджетиял бакӏалги.\n2022 соналда Махӏачхъалаялда ва Каспийскиялда букӏараб гьоркьохъеб махщеллъиялъул лъай кьеялъул кӏиго идараялъул бакӏалда рагьана педагогикиял колледжал.\nДагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталъ хӏадурана ва педагогияб лъай кьеялъул федералияб сияхӏалде босана 32 программа. Исана гьезда рекъон махщел камил гьабуна 14 758 педагогас.\nДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ цӏидасан байбихьана муниципалиял методикиял хъулухъазул хӏалтӏи гӏуцӏизе. Гьелъул мурадалда исана сентябралда хӏадурана хасаб «нухлул картаги». Педагогазе кумекалъе министерствоялда хӏалтӏулеб буго хасаб телефонги. Тӏубараб лъагӏелалъ тӏоритӏана батӏи-батӏиял тадбирал. Гьезда гьоркьор рехсезе бегьула: Педагогасул ва насихӏатчиясул лъагӏелалъул хӏурматалда гӏуцӏарал Кӏудияб педагогикияб диктант ва Тӏолгороссиялъул дарс (сентябрь), Учителасул кӏудияб анкь (октябрь); «ДРялъул Лъагӏалил учитель», «Рахьдал мацӏалъул учитель», «Лъагӏалил тарбиячи», «Математикаялъул учителасул творчествоялъул къец», «Педагогазул династия» ва цогидалги къецал.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "shagruhanil-shigirabazul-sordo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=shagruhanil-shigirabazul-sordo", "title": "Шагьруханил шигӏрабазул сордо", "date": "2024-01-18 09:53:04", "categories": ["insan"], "text": "Дир кечӏ — хӏалтӏи буго, хӏал канлъи буго,\nКочӏое жугьаби тӏураб гӏетӏ буго.\nДир бакъан — чармие чучулеб хӏасрат,\nЧагургун дир кверзукь кьурдулеб алат.\nГьеб хадусел къояз къотӏизе гьечӏо,\nКъаникье дун индал бачина васас.\nЗаман хехдарунин биххизе гьечӏо,\nХадур гъураз гурищ борхулеб дунял.\nШ. ТӏАЛХӏАТОВ\nА. Пушкиница шагӏир релълъинавун вуго цӏакъго тӏадегӏанаб гӏамал-хасияталъул инсанасда. Амма жакъа кочӏолгун кочӏохъанасул къиматги, гьезул къалмикьа къватӏире рачӏарал рагӏабазул магӏнаги бичӏчӏулел ва гьелъул къиматги гьабулел чагӏи цӏакъго дагь руго. Гьеб рекӏеда унтиялъин Ш. Тӏалхӏатовас гьадин абулебги бугеб:\nДида халкъалъ абула\nМун гӏабдал ватилилан,\nГӏарац кьолеб гьечӏони,\nКучӏдул хъвалел щайдила.\n… Дие кечӏ — рикъзи буго,\nВакъун вукӏананиги,\nРакӏ дир гьелъий хӏалтӏула,\nХӏан-нах гьелъ кьечӏониги.\nАмма нилъеда гьоркьор унго-унгоги кочӏол магӏнаги бичӏчӏулел ва рагӏул къиматги гьабулел чагӏи жеги рукӏин бихьизабуна Гъуниб районалда, Гӏ. Хачаловасул цӏаралда бугеб централияб библиотекаялда, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, шагӏир Шагьрухан Тӏалхӏатовасул юбилеялда хурхун тӏобитӏараб мажлисалъ.\nДанделъиялъул аслияб мурадлъун букӏана шагӏирасул асаразулгун цӏалдолезул лъай-хъвай гьаби ва гьесул шигӏрияб бечелъи машгьур гьаби. Щайгурелъул, Гъуниб районалъул Салтӏа росулъ гьавурав Шагьруханил гӏумру республикаялда ва гьеб гуреб къватӏибги, батӏи батӏиял бакӏазда хӏалтӏун ун букӏиналъ, цӏалдолезда абизегӏан лъикӏ лъаларо. Тӏадежоялъе, гьев вуго ахӏи-хӏур гьечӏев, дунго-дунилан цеве кӏанцӏуларев, ракӏ рагьарав, хӏалимав инсан. Гьединлъидалин Шагьруханица жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ абулеб бугеб:\nДун дирго гӏумруялда\nРакӏ рекъарав чи вуго.\nРикӏкӏен гьабунагӏан къо\nКъеркьон аравги вуго.\n…Бацӏцӏалъи намусалъул\nСабураб хинкӏил лазат.\nХисиларо дица гьеб\nГьагъаб хӏарамаб гьанахъ.\nДие дирабго гӏадаб\nТӏагӏамаб букӏунаро.\nТӏад хӏакъ ккараб щибгӏаги\nЩаяли бокьуларо.\nКив хӏалтӏаниги, щиб ишалда вугониги, кучӏдул хъвай гьес течӏо. Гьел рахъана газетаздагун журналазда. Къватӏибе биччан буго 15 тӏехь.\nАбизе ккола Ш Тӏалхӏатовас 80 сон тӏубаялда хурхун тӏобитӏараб тадбир унго-унгояб «шигӏрабазул сордоялде» сверанилан. Гьеб къоялъ шагӏирасда юбилей баркизе рачӏун рукӏана гӏезегӏан гьалбал. Шагӏирасул ватӏан Салтӏа росдал жамагӏаталъулги гьениве вачӏинчӏев чиго хутӏичӏо. Мажлисалда бан библиотекаялда гӏуцӏун букӏана «Салам, дир мугӏрул!» абураб юбилярасул тӏахьазул цебелъейги.\nБерцинго бачунеб некӏсияб магӏарул бакъаналда гъоркь, Ш. Тӏалхӏатовасул гӏумруялъул хӏа къалъулъ бицунеб видеоролик бихьизабун лъугӏидал, данделъи рагьана ва нухда бачана Гъуниб районалъул маданиябгун хӏухьбахъиялъулаб централъул директор, Дагъистаналъулгун Россиялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Абакаровалъ. Гьелъ рехсана шагӏирасул гӏумруялдаса цо-цо кӏвар бугел лъугьа-бахъинал. Бихьизабуна Тӏалхӏатовасул шигӏрияб гьунаралъул аслияблъун гӏагараб ракьалде рокьи, эбелалъул сурат рагьи, руччабаздехун адаб-хӏурматгун рокьи, лъикӏлъи гьаби ва гӏаданлъи кколилан. Гъуниб районалъул бетӏер Расул Хӏусеновас, Шагьрухан Тӏалхӏатовасда юбилейги баркун, райадминистрациялъул рахъалдасан кьуна Баркалаялъул кагъат.\nДанделъиялда гӏахьаллъи гьабуна ва гӏандалазул бечедаб тарихалъулги, маданияталъулгун адабияталъулги, шагӏирасул асаразул бугеб кӏваралъулги бицун, кӏалъай гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас.\nШагьруханил къватӏире риччарал тӏахьазул редактор, шагӏир, «Гьудуллъи» журналалъул жавабияй секретарь Тубхӏат Зургьаловалъ бихьизабуна шагӏирасул кучӏдузул хаслъи, гӏадан лъикӏлъиялде ахӏиялъе гьесул кучӏдузулъ бугеб асар.\nШ. Тӏалхӏатовасул гӏумруялъул нухалъул цоцо «балъголъабиги» рагьун, гьесул кучӏдузул хӏакъалъулъ бицун кӏалъана Шагьруханил росуцояв, педагогияб захӏматалъул ветеран Мухӏамад Мухӏамадрасулов, Салтӏа росдал бегавул Шамил Каримов, росдал школалъул авар мацӏалъул мугӏалим Хадижат Анатова ва цогидалги.\n«Цолъе, магӏарулал!» абураб жамгӏияб къокъаялъул нухмалъулезул цояй Мадина Урдашевалъги шагӏирасе гьарана халатаб гӏумругун берцинаб херлъи ва гьелъ Тӏалхӏатовасе кьуна «Цолъе, магӏарулал!» къокъаялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагъат, каранда бана гьебго къокъаялъул хасаб гӏаламат.\nЧорхол сахлъи гьечӏолъиялда бан мажлисалда гӏахьаллъи гьабизе кӏвечӏей Шагьруханил мадугьал, мугӏалим-ветеран Аминат Хӏажиевалъ гьенибе цӏализе битӏун бачӏана шагӏирасе сахсаламалъи ва цӏи-цӏиял борхалъаби гьарун хъвараб кагъат.\nКӏалъаязда гьоркьо-гьоркьоб Гъуниб, Салтӏа ва Хӏотӏочӏиб росабазул школазул цӏалдохъабаз пасихӏго цӏалана шагӏирасул кучӏдул.\nЛъикӏаб тадбиралъе лъикӏаб кечӏилан абухъего, шагӏирасул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Ирайгьанат Мухӏамадовалъ, Раисат Гъазимухӏамадовалъ, Тӏалхӏат Гӏумаровас, Юсуп Синдикъовас, Махӏач Мухӏамадовас ва шагӏирасул яцалъул вас Иманшапи Гӏалиевас.\nГьелдаса хадуб букӏана гӏаммаб сухӏматгун миллиял кьурдаби. Гьенив гӏолохъанчиясул чӏанкӏгун кьурдулев Шагьруханихъ балагьун, кинха ракӏалде щвеларел, гьес 70 сонил ригьалде вахиндал хъван букӏараб кочӏодаса мухъал:\nЛъабкъоялда анцӏго — гӏемерищ, дагьищ,\n— Дидани гьеб ккола квергӏанаб нухин.\nКини таралдаса, гьанжелъизегӏан,\nГьаб дуниялалда дица нахъ тараб…\nАбула рохелалъ херавги бахӏар гьавулилан. Гьединлъидалин дидаги юбилярасе 80 сон — гьеб унго-унгоги квергӏан гьитӏинаб нух бугин ккана. Гьелъги батила, «Биччанте ракӏ гӏолохъанав, рохелгун гьими гьарзаяв ва гӏамал бахилав шагӏирас жеги цоги ункъогоги сон базе», — йилан абун, ракӏракӏалъ гьаризе бачӏараб. Данделъиялъул ахиралда юбилярас цӏадолезе жиндирго тӏахьал рикьана ва ракӏалде щвеялъулал суратал рахъана.\nМухӏамад АБАКАРОВ, мугӏалим ва журналист"}
{"slug": "hizan-zhamgiiyatalul-aslu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hizan-zhamgiiyatalul-aslu", "title": "Хъизан – жамгӏияталъул аслу", "date": "2024-01-26 09:25:30", "categories": ["obshestvo"], "text": "2023 соналъул 22 ноябралда Россиялъул президент В. Путиница бахъараб указалда рекъон, 2024 сон лъазабун буго Хъизамалъул лъагӏеллъун . Гьелъул аслияб масъала ккола хъизамазда сверухъ гьабулеб пачалихъияб политика жеги лъикӏлъизаби, лъикӏал гӏадатал гӏатӏид гьари. Гьединлъидал «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ исана кӏвар буссинабизе буго республикаялъул, хасго магӏарулазул хъизамазул бугеб ахӏвал-хӏал лъазабиялде ва гьелъул хӏакъалъулъ газета цӏалулезда бицине.\nЩибаб хъизамалда щулияб цолъи бугони, гьеб ккола нилъер республикаялдаго роцӏараб гӏумру букӏиналъе кьучӏлъун ва гӏумруялъулго бечелъилъун. Жакъа, кинабго рахъалдасан заманаялъ кьолел хӏинкъаби ругеб мехалда, хъизан, гьелъул тӏабигӏат ва гӏамал щула гьаби аслиял масъалабазул цояблъунги кколеб буго.\nГӏумруялдаго цадахъ хъизамалъул хӏажалъабиги хисула. Цин бокьула мина букӏине, хадуб хӏажалъула машина, хӏухьбахъи гьабизе рес. Лъимал гӏедал, бокьула гьезул гӏумру берцин гьабизе.\nГӏадада гуро Россиялда хъизамалъул тӏабигӏаталда хурхарал байрамалги гӏемер ругел:\n15 май — Халкъазда гьоркьосеб Хъизамалъул къо.\n10 апрель — Вацазул ва яцазул къо.\n25 апрель — Ясазул къо.\nОктябралъул лъабабилеб гӏодобкъо — Инсул къо.\n8 июль — Хъизамалъул цолъиялъул ва цоцазе ритӏухълъиялъул къо.\n1 октябрь — Ригьаразул къо.\nНоябралъул ахирисеб гӏодобкъо — Эбелалъу л къо.\n22 ноябрь — Васазул къо.\n22 ноябрь — Васазул къо.\n22 декабрь — Тӏолгороссиялъул эбел-инсуе «Гӏумруялъухъ баркала» кьеялъул къо.\nБихьулеб букӏахъе, хъизамалъул щулалъиялде улкаялда кӏудияб кӏвар кьолеб буго.\nХъизамалъул сон официалияб къагӏидаялда рагьизе буго 19 январалда ВДНХялда тӏобитӏулеб бугеб «Гӏагарал-хириял» абураб Тӏолгороссиялъул хъизамазул форумалдалъун.\nАхирисеб переписалъул баяназда рекъон, Россиялда буго 42 млн хъизам. Гьезда гьоркьоса 6,65 млн хъизамалда буго кӏиго лъимер, 15,5 млн хъизамалда — цо лъимер, 1,7 млн хъизамал рикӏкӏуна лъимал гӏемераллъун.\n2021 соналда тӏобитӏараб гьеб переписалъул хӏасилалда баянлъана, Россиялда цо чиясдаса гӏуцӏарал хъизамал рукӏинги. Гьединазул къадар бахуна 27,6 миллионалде. Гьеб рахъалъ нилъеца нахъа тун руго Европаялъул пачалихъалцин. Гьаб гӏасру байбихьаралдаса гьединал хъизамазул къадар цӏикӏкӏун буго кӏиго нухалда, ай 22,3 проценталъ.\n2002 соналда тӏубарал хъизамазул къадар букӏараб батани 39,7 процент, 2021 соналда гьезул къадар гӏодобе ккана 20,7 проценталъ.\nРоссиялда буго 2 256 626 лъимал гӏемераб хъизам, гьезул руго 7 413 580 васалгун ясал.\nЦогидал республикабазда, краязда, областазда гьоркьоб Дагъистан босани, нилъер гьеб рахъалъ ахӏвал-хӏал гӏемерго лъикӏаб буго. 117 771 хъизам буго гӏемерал лъимал ругеб. Масала, 5-7 лъимер бугеб 7618 хъизам буго. Гьеб рахъалъ нилъералдаса лъикӏал хӏасилал руго гӏицӏго Ингушетиялъул.\n8-10 лъимер бугеб 109 хъизамги буго Дагъистаналда.\nЗикрула ИЛЬЯСОВ"}
{"slug": "nekisiyab-tarih-niler-becheli", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nekisiyab-tarih-niler-becheli", "title": "Некӏсияб тарих — нилъер бечелъи", "date": "2024-01-26 10:11:10", "categories": ["magiarukh"], "text": "Щибаб росулъ гӏадин батула рокъо-рокъоб гӏуцӏараб музей. Гьениб букӏуна умумузул тӏагӏел-алатги, некӏсияб тарихалъул хӏужабиги, хӏалтӏизабулеб букӏараб цебесеб къайиги. Масала, Бежтӏа росулъ руго муниципалияб идарабазул лъабго ва жеги лъабго – рокъор гӏуцӏарал музеял. Росдал тарихалъул ва маданияб ирсалъул бицунел музеял гӏуцӏун руго Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏа росулъа Къурбан Кӏулизановас, Шамил районалъул Зивури росулъа Хӏамзат Хӏамзатовас ва цогидазги.\nЦӏунтӏа районалъул Шагьикь росулъа Абулмуслим Мухӏамадовас лъугӏизабуна Северияб Осетиялъул Алагир шагьаралъул Рохьил техникум. Гьенив цӏалулаго, Абулмуслим ва курсцоял ана Цейское кӏкӏалахъе сапаралъ. Гьениб батана гьитӏинабго рукъ ва гьенибе данде гьабун бугоан гӏемераб къайи. Гьелъухъ халгьабулаго, Абулмуслимидаги ракӏалде ккана Шагьикь росулъ гьединабго музей гӏуцӏизе.\nТехникумги лъугӏизабун, Абулмуслим хӏалтӏана росдал школалда географиялъул учительлъун. Вукӏана рохьихъанлъунги. Пенсиялде аралдаса хадуб гьесул ракӏгъолеб пишалъун лъугьана гӏагараб ракьалъул музей гӏуцӏи.\n1996 соналда Абулмуслимица бана мина. Гьелдаса нахъе бакӏарана музеялъе къайиги. «Дица кӏиго рукъ хӏадурана музеялъул къайи лъезе. Умумузул некӏсиял алатал ракӏарулел ругин рагӏидал, росуцояз байбихьана дихъе гьел раччизе. Гьеб хабар тӏибитӏана районалдаго, ва щибаб росулъа рачӏана батӏи-батӏиял экспонатал. Гьедин къайи гӏемерлъана ва берцинго гьеб сокӏкӏине ресги букӏинчӏо. Гьединлъидал исана музеялъе тӏадеги рукъзал разе ккана», — ян бицана А. Мухӏамадовас.\nМузеялда руго машгьурал районцоязул стендал, Кавказалъул рагъул гӏахьалчагӏазул ретӏел -хьит, ярагъ, байрахъал ва батӏибатӏиял рагъазулъ гӏахьаллъарал цӏунтӏадерил бахӏарзазул тарих рагьулел хӏужаби. Хасаб бакӏ ккола умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал алатаз. Цояб рахъалда сокӏкӏун буго руччабазул кверзул устарлъи загьирлъулеб къайи. Щибалъул буго хаслъиги. Масала, шватаби хьухьула Дагъистаналъул гӏемерал росабалъ. Амма цӏунтӏадерил «гедоби» гӏадинал лъилниги рихьичӏо. Гьел хьухьулаан жидецаго дургъараб кунги хӏалтӏизабун, батӏи-батӏиял расеналгун. Бежтӏадерил руччабаз щватаби – «цӏинда» – хьухьула, цо чанго тӏеренаб кунги цадахъ ккезабун. Руго гьел хьухьулел батӏибатӏиял къагӏидабиги. Цӏунтӏадерил «гедоби» риццалъиялъул рахъалъ релълъун рихьана бежтӏадерил хьухьарал хьитазда («гьаькӏаьялда»).\nЦӏунтӏа район бечедаб буго рохьазулги иццал-лъаразулги рахъаз. А. Мухӏамадовасул музеялде щварав чиясда бихьула гьел рохьаздагун мугӏрузда гӏумру гьабулел гӏалхул хӏайваналги хӏанчӏиги – гьезул цо-цоял, чӏагоял гӏадин, эхетун руго музеялъул рокъор.\nАхираб заманалда гьединал гӏадамазул хӏаракаталъул къимат гьабизе байбихьана, хасго магӏарухъе туристал рачӏине лъугьиндал. Гӏадатияб ишлъун лъугьунеб буго вачӏарав гьоболасда росдал музей яги музеялда гӏадин къайи сокӏкӏараб пуланав чиясул рукъ бихьизаби. Камуларо гьалбал Абулмуслимил музеялдаги. Туристал гурелги, гьанже гьесухъе рачӏуна росдал школалъул цӏалдохъабиги районалде щварал гьалбалги. Музеялъул къайи-алаталъулгун лъайхъвай гьабулаго, гӏолеб гӏел куцала ватӏан бокьулеблъун, умумузул адаб-хӏурмат гьабулеблъун. Гъираялда лъазабула гьез гӏагараб ракьалъул тарихги маданияб ирсги.\nАраб гӏасруялъул кӏикъоабилел соназ Чачаналде гочинабуна цӏунтӏадерил тӏолабго жамагӏат. Гӏагараб ракьалде тӏадруссунгутӏизеян абун, рухӏана гьезул росаби, билана, тӏагӏана тарихалъе кӏвар бугеб чанго тӏагӏел-алат. Жакъа А. Мухӏамадовас гӏадин, цӏунтӏадерил щибаб росдал цо-цо тарих бокьулез хӏаракат бахъулеб буго некӏсиял, умумузул рукӏарал экспонатал, тарихалъе кӏвар бугел материалал ракӏаризе.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "anishh-bukiana-imamasul-hiakalul-kino-bahize", "url": "https://hakikat.info/?nationals=anishh-bukiana-imamasul-hiakalul-kino-bahize", "title": "Анищ букӏана имамасул хӏакъалъулъ кино бахъизе", "date": "2024-01-31 15:48:52", "categories": ["insan"], "text": "Гӏабдурахӏман Данияловасул вас Юсуп, ДГУялъул физикиябгун математикаялъул факультет лъугӏидал, хӏалтӏана Лъаратӏа районалда мугӏалимлъун.\n1967 соналда гьес лъугӏизабуна ВГИКалъул режиссеразул факультет. Гьес бахъана чанго кинофильм ва гӏахьаллъи гьабуна «Журналист», «Афоня», «Небеса обетованные», «Табор уходит в небо» гӏадал фильмазда. «Мосфильмалда» режиссерлъун хӏалтӏулаго, гьес бахъана «Не было печали», «В ночь на новолуние» абурал фильмалги. Кӏиабилев режиссер хӏисабалда, гӏахьаллъи гьабуна «Бригада» фильм бахъиялдаги.\nАмма Юсупил мурад букӏана Шамилил ва Хӏажимурадил хӏакъалъулъ фильмал рахъизе. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, бажаричӏо гьеб иш гьабун чорхол сахлъи загӏиплъиялда бан. Гьелъул ургъалида вукӏаго ккана тӏоцебесеб инфарктги.\nКӏиабизе инфаркт ккана, МВДялда хӏалтӏулев вукӏарав вас гӏумруялдаса ватӏалъидал.\nЮ. Данияловасул рукъ кидаго букӏана гьалбадерие нуцӏа къалареб. Гьесухъ гӏемер данделъулаан Расул Хӏамзатов, Гӏабдухаликъ Хӏажиев, Мухӏамад Каримов, Мухӏамад Сулайманов, Россиялъул Бахӏарзал, космонавтал Игорь Волков ва Мухӏамад Тӏолбоев.\nЮсупие, эмен Гӏабдурахӏман, вукӏана эменлъун гуревги, гьудулгьалмагълъунги. Гьев ками цӏакъ захӏмалъана Юсупие ва гьелъул хӏасилалда лъабабизеги инфаркт ккана…\nГьев вукъун вуго инсуда аскӏов Махӏачхъалаялъул хабалалъ.\nРукъият ГӏАЛИСУЛТАНОВА"}
{"slug": "daimliyalde-borzhine-bugeb-kechi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=daimliyalde-borzhine-bugeb-kechi", "title": "Даимлъиялде боржине бугеб кечӏ", "date": "2024-01-31 16:15:40", "categories": ["shapak-atal"], "text": "Расул Макъсудов\nТалихӏалъул цӏураб гӏолиллъиялъул кечӏ. Зодоб бугеб цӏваялъегицин гьелъ жиндирго цӏар кьола. Гьелда лъаларо гӏодосан ине. Гьеб гӏицӏго гьаваялдасан букӏуна. Гьеб кечӏалъ жиндирго балъголъи гӏицӏго мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабулел ругел цӏумазе гурони гьурщуларо. Гьелда канли бихьуларо. Нухда дандчӏварал захӏмалъабиги гӏанлъулаго, гьелъ тӏаса бищула гӏицӏго борхалъи. Гӏумруялъул борхалъи. Къисматалъул борхалъи. Лъилха букӏунареб гьединаб гьайбатаб кечӏ гӏолохъанлъуда. Ботӏрол расазда гӏумруялъул савуялъ баулел лахӏзатазгицин чан нухалъ гьелъул сариназухъе тӏадруссинел нилъ.\nБуго гьединаб кечӏ Хунзахъ районалъул Самилахъ росулъа (Гъулхъутан) Расул Макъсудовасулги.\nНаслабазул бухьен\nСамилахъ росдал гьоркьохъе б школаги лъугӏизабун, Расул цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, авто дорожнияб колледжалде. 2020 соналда Расул ахӏана РФялъул армиялъул кьеразулъе. Гӏолиласул рес букӏана, армиялда гьабулеб хъу лухъалъул болжал лъугӏидал, ракълилаб гӏумруялде тӏадвуссине. Амма Расулил кечӏалъ сапар хисана – гьаб нухалда гьелъ тӏаса бищана Ватӏаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуде боржине, жиндирго кваркьидакь Расулил гӏумруги цӏунун – гьале кӏиабилеб сон буго гӏолилас СВОялда гӏахьаллъи гьабулеб бугелдаса. Чанго нухалда рагӏана дида гьев гӏолиласул гьунаразул хӏакъалъулъ бицунеб. Бокьун букӏана гьесул хӏакъалъулъ хъвазе. Гӏумруялъул 22 сон гурони гьечӏев гӏолиласул каранда кенчӏана тӏадегӏанал шапакъатал. 2022 соналъул июналда Расулие щвана «За боевые отличия» медаль, 2023 соналъул октябралда гьев мустахӏикълъана Жуковасул медалалъе. Расулидаго цадахъ гьенив вуго гьесул имгӏал Хӏажиги.\nГьавуна ва гӏуна Расул гӏадатияб магӏарул хъизамалда. Эбел Патӏимат хӏалтӏулей йиго Самилахъ росдал библиотекаялда, кӏодоэбел Рукъият ккола шагӏир. Кӏодоэбелалъул цӏар рагӏидал, ракӏалде щвана Самилахъ росулъ гьелъул цӏияб тӏехьалъул цебелъеялъулаб тадбиралда дунгоги гӏахьаллъун йикӏараблъиги.\nЦо нухалда дица бицен гьабуна Мухӏамад Манаповасе Расулил хӏакъалъулъ хъвазе бокьун бугилан абун. Гьев гӏемер щолелъулха Самилахъалде кӏодоэбелалъухъе. Ва гьесги рицана дие гӏемерал ракӏалдещвеял Расулил хӏакъалъулъ.\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гӏадан хӏисабалда, гьев вуго кутакалда ракӏ лъикӏав, гӏадамасда цалхун кӏалъаларев, ракӏбацӏцӏадав, гьитӏиназегун кӏудиязе кумекалъе ватулев гӏолохъанчи. Дида гьев цӏакъго лъикӏ лъала. Студентлъиялъул заманалда Расулгун цадахъ цо бакӏалда гӏумру гьабуна дица. Дида бицунебги рагӏун букӏана гьитӏинав Расулица, зама-заманалдасан рокъор ругелги данде гьарун, жив Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи вугилан, рагъда ккараб-таралъул бицунилан. Гьединал кепал лъугьа-бахъинал дагьалги рукӏана. Гьес нижги, цадахъ гӏумру гьабун ругел студенталги ва тӏаде рачӏарал гӏолилалги, данде ракӏарун бицунаан нижее хабар, жив рагъул гӏахьалчи вугиланги абун. «Рагъул ветеранас» нижее бицунаан жиндаго бихьараб къоялъулги рагъул кьогӏлъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьеб хӏалалда тӏаде кӏвар кьун бицине, дуда щибгӏаги лъалеб рагъул кьогӏлъиги захӏмалъигиян релъулаан ниж. Гьесул букӏараб махщелги, киналго гӏенеккиледухъ хабар бицинеги. Бихьулищха, гьесда бичӏчӏулеб букӏун буго жиндир къисматалъулъги дов «ветеранасул» къисмат такрарлъизе букӏин.\nПатӏиматица бицуна, ургъалилъе ккун, жий къварилъахъдизе байбихьидал, жакъа жиндир кьерилалги гьенир рукӏаго, Ватӏаналда цебе тӏадаб борч тӏубазе ресги букӏаго, рокъов чӏезе къасд кколеб гьечӏилан абун. Кир ругониги, Аллагьас ккезе хъвараб жоялдаса нилъ рорчӏуларилан ракӏ-макӏ гьабулила Расулица…\nВа гьале – гӏемераб мех иналдего живго Расулги ккана гьениве. Амма гьанже гьес гьениб бихьулеб захӏмалъи-къварилъи бахчизе хӏаракат бахъула. Кигӏан ниж цӏехолданиги, Расулица гьанже бицунаро СВОялда дандчӏвалел захӏмалъабазул. Дица гьесда ракӏалде щвезарула кидаялиго нижее хабар бицунев вукӏарав «рагъул ветеран». Пикру гьабизеги бачӏуна гӏумруялъ инсан хисизавулеб куцалъул. Додинав аваданав, махсара гӏемерав Расул кӏудияв гӏун вугоан жиндирго саназдасагицин, — ан бицана Мухӏамадица.\nГьалеха гьадинал руго жакъасел гӏолилал. Гьадинабго буго гьезул кечӏги. Бахӏарчиял умумуз нилъехъе цӏунизе кьураб, нилъецаги хадусел наслабазухъе кьезе бугеб. Даимлъиялде боржине бугеб кечӏ. Такрарлъулеб буго наслабазулъ бахӏарчиял умумузул къисмат. Наслабазул бухьен – гьелъулъ бугебщинаб бахӏарчилъи!…\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "pachalihiyab-kumek-bugoni-kinabgo-nuhda-una", "url": "https://hakikat.info/?nationals=pachalihiyab-kumek-bugoni-kinabgo-nuhda-una", "title": "Пачалихъияб кумек бугони, кинабго нухда уна", "date": "2024-02-01 14:11:44", "categories": ["obshestvo"], "text": "15-16 январалда Москваялда, ВДНХялда, тӏобитӏана «Гьитӏинаб ватӏан – Россиялъул къуват» абураб Тӏолгороссиялъул форум. Гьелда гӏахьаллъана тӏолабго улкаялъул росабазул бегавулзабиги районазул ва шагьаразул бутӏрулги.\nРузман къоялда редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана рехсараб форумалъул гӏахьалчагӏи – Бежтӏа участокалъул бетӏер Шамил Арадахов ва Бежтӏа росдал бегавул Мухӏамад Мухӏамадов. Форумалда гӏуцӏун рукӏарал тадбиразулги участокалда гьабулеб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ гьезулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Бегавулзабиги муниципалитетазул бутӏрулги гурел, батӏиял чагӏи рукӏанищ форумалда?\n— Форумалда гӏахьаллъана 7500-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Щиб рахъ хӏисабалде босаниги, тӏад кӏалъазе бакӏ гьечӏеб тӏадегӏанаб даражаялда гӏуцӏун букӏана кинабго. Форумалъул гӏахьалчагӏи цо гостиницаялда рукӏиналъ, рес щвана, официалиял тадбираздаса хадубги цоцазулгун гара-чӏваризеги, улкаялъул батӏибатӏиял регионазул вакилзабигун лъай-хъваял гьаризеги, хӏалтӏул суалал-масъалаби дандразеги.\nРосабазул бегавулзабигун муниципалитетазул бутӏрул гурелги, форумалда рукӏана СМИязул вакилзабиги, артисталги, пачалихъиял ва жамгӏиял хӏаракатчагӏиги. Форумалдаса рази рукӏана киналго. Кутакалда рохизаруна, гьединаб форум щибаб соналда тӏобитӏизе бугилан Владимир Путиница абураб мехалдаги.\n— Муниципалияб хъулухъалъул, ай бакӏалъул самоуправлениялъул, хӏакъалъулъ цӏияб федералияб закон къабул гьабиялда бан, абулеб буго «росдал бегавул» абураб хъулухъ букӏине гьечӏин, росдал гӏадлу гьабулев чилъул староста тӏамизе вугин абун. Гьелъул хӏакъалъулъ щиб бицараб форумалда?\n— Гьелъул хӏакъалъулъ цӏар бахъулев чи вукӏинчӏо. Гостиницаялда цадахъ рукӏарал ишцоязда гьикъана дица гьелъул хӏакъалъулъ пикру. Рикӏкӏадал бакӏазда, мугӏрузул росабалъ гьеб бажарулеб иш гурин бицана гьез. Улкаялъул президентас абуна, росабазул бегавулзабиги районазул бутӏрулги кколила халкъалъулгун битӏахъегояб бухьен бугел нухмалъулел. Бакӏ-бакӏалда байбихьун букӏана законалда рекъон хисабасиял гьаризе, амма гӏемерисез абуна, гьеб законалдаса рази гьечӏилан. Кьолеб харжги гьечӏого старосталъун хӏалтӏизе щив разилъилев? Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда фашистаз тӏамулаан старостаби. Гьеб жеги кӏочон течӏо халкъалда, гьединлъидалги халкъалъ гьеб цӏарго къабул гьабиларо.\n— Бежтӏа участокалда кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб?\n— Ракӏалда буго администрациялъе цӏияб мина базе. Гьабсагӏаталда участокалъул администрациялъул бугеб мина бана 1956 соналда – Лъаратӏа районалдаса батӏаги гьабун, Цӏунтӏа район гӏуцӏараб мехалда. Гьеб басралъун буго, ва гьенир гьечӏо киналгӏаги шартӏал. Участокалъул цересел бутӏруз хъорщол кӏиабилеб тӏала бана. Гьанже республикаялъул нахъраталил фондалдаса мина базе биччан буго 45 миллион гъурущ.\nДРялъул бетӏер Сергей Меликовасулгун букӏараб дандчӏваялда дица гьесда абуна, тӏоцебесеб иргаялда тӏубазе кколеб кӏиго масъала бугин Бежтӏа участокалъул: районалъул статусги чӏезабизе, Анцухъа Бежтӏе щвезегӏан шагьранухда хъилги тӏезе. Тӏаде жубана жеги кӏиго масъала: Бабаюрталъул ракьалда бугеб бежтӏадерил Качалай росулъе газ бачин ва шагьранух къачӏай. Газ бачиналъе документал хӏадурун руго ва исана, Аллагьас хъван батани, Качалаялде газ бачине ккола. Гьарун руго нухалда хъил тӏеялъул хӏакъалъулъ къотӏи-къаялги. Качалаялдаса Караузекалде ва Туршунаялде нух къачӏазе буго. Качалаялда байбихьана спортзал базеги. Бежтӏа росулъ базе буго лъималазул кӏиго ахги. Гьел проектазул документал хӏадурун рахъунел руго.\n— Бигьаял масъалаби гуро гьел…\n— Республикаялъулги улкаялъулги нухмалъиялъул квербакъи-кумек бугеб мехалда, кинабго бигьалъула. Кумек гьабулеб буго. Масала, лъималазе кьолеб пособие, пенсиял, проектазде биччалеб гӏарац.\nЖакъа нилъее рес кьун буго, щибаб лъимер гьабиялъухъ ва гьеб хьихьиялъухъ кьолеб гӏарцудаса пайдаги босун, гӏумруялъул шартӏал камиллъизаризе. Нилъер умумузе гьединаб рес кьечӏо. Гьел хӏажаталлъун кколаан, бетӏербахъиялъе гӏоло, Грузиялде хьвадизе, хӏан-гьан бичун, кванил нигӏматал ва ретӏелхьит босизе. Гьанжеги нилъер гӏолохъаби уна Россиялъул шагьаразда хӏалтӏизе, амма хъизан-лъималазул ургъел тӏаса босун буго пачалихъалъ. Гьелъул хӏаракат бихьизеги гьелъул къимат гьабизеги лъазе ккола нилъеда. Гьелде тӏадеги, кумек гьабулеб буго батӏи-батӏиял проектал гӏумруялде рахъинаризеги. Бежтӏа росулъ буго 2000-гӏанасеб цӏараки. Магӏарухъ гӏумру гьабизе захӏмат буго, амма цониги хъизам гӏатӏиракьалде гочинчӏо. Квеш букӏарабани, цо чи хутӏилароан гьенив.\n— Бежтӏа участокалъул цо-цо гӏадамаз абулеб буго, жал магӏарулал гурин ва магӏарул мацӏги жидее хӏажат гьечӏин абун. Дуца щиб абилеб гьелда?\n— ДФИЦалъул ИЯЛИялда хӏалтӏулев вуго филологиял гӏелмабазул доктор, мацӏазул цӏех-рех гьабулев гӏалимчи Мажид Халилов. Магӏарул мацӏалъул цӏалул тӏахьазул автор, ДНИИПалъул рахьдал мацӏазул секторалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Хӏайбула Вакиловги вуго нижер росулъа. «Хӏакъикъаталда» хӏалтӏулей йиго филологиял гӏелмабазул кандидат мунги. Гьеб буго бежтӏадерил чӏухӏиги рохелги.\nДие рокьуларо, «нижер мацӏ батӏияб буго, ниж магӏарулал гуроян» абулел харбал. Нилъ киналго руго магӏарулал – мугӏрузда гӏумруги гьабулел, цогояб тарихги бугел, цадахъ рохулел ва цадахъ гӏодулел. Биччанте мацӏал батӏи-батӏиял рукӏине – гьебги буго нилъер гӏаммаб бечелъи. Амма щивасда лъазе ккола жиндирго росдал мацӏги литературияб магӏарул мацӏги.\n— Форумалда кьолеб букӏана «Служение» абураб премия. Дагъистаналъул цониги вакиласе щванищ гьеб?\n— Щвечӏо. Премия кьолеб букӏана къого батӏияб номинациялда: СВОялда ругел рагъухъабазе гьабураб кумекалъухъ, росулъ, муниципалитеталда гьабураб цогидаб хӏалтӏухъ ва гь.ц. Россиялъул регионазда гьоркьоб СВОялде гуманитарияб кумек битӏана Дагъистаналъ. Амма премия нилъее кьечӏо. Дица форумалъул гӏуцӏарухъабазда цӏехана, щай гьеб гьедин ккарабан абун. Гьез жаваб кьуна, Дагъистаналъгӏан гӏемер кумек СВОялъул гӏахьалчагӏазе цониги регионалъ гьабичӏеблъи жидеда кутакалда лъикӏ лъалила, амма премия кьеялъе хӏажатал документал хӏадурун рачӏинчӏила республикаялъ. Заманалда гьелъул тӏалаб гьабун гьечӏо. Хьул буго тӏасияб соналде гьеб иш тӏубалин абун.\nБежтӏа участокалда гӏумру гьабула ичӏазарго гӏанасев чияс. 575 чи вуго гӏахьаллъулев Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда. 16 рагъухъан чӏван вачӏана, руго лъукъа-къотӏаралги. Цо-цо хъизамалдаса кӏи-кӏи, лъаб-лъаб вас вуго рагъда. Гьезул бахӏарчияб хӏаракаталъул хӏасил буго жакъа нилъер парахатаб гӏумру букӏин.\n— Форумалъ кинаб асар гьабураб нужее?\n— Доре унеб мехалда гӏемерисез абулеб букӏана Президентасул рищиязда жиндир рахъкквеялъул мурадгун гӏуцӏулеб тадбир батулин гьеб форуман абун. Хӏакъикъаталдаги, В. Путин вачӏана форумалъул гӏахьалчагӏигун дандчӏвазе, амма рищиязул цӏарцин бахъичӏо. Гьес бицана – къокъго, амма гӏумруялъул щибаб рахъги гъорлъе бачун – муниципалияб хъулухъалъул, гьелде ругел тӏалабазул ва гьелда тӏадал ишазул хӏакъалъулъ. «Нуж руго бадиса бадибе халкъгун кӏалъалел чагӏи. ва нужер хӏаракаталда бараб буго Россиялъул халкъалъул гӏумру, гьелъие шартӏал гӏуцӏи», — ян абуна президентас. Гьесул кӏалъаялъ кӏудияб асарги гьабуна – киналго рахъунчӏун хъатчӏвана гьесие.\nФорумалда абуна «Шагьаралъул санагӏатаб сверухълъи» абураб программа 2030 соналде щвезегӏан букӏине бугин абун. Гьеб буго лъикӏаб хабар! Гьелда гъорлъе уна росабалъе нухал гьариги, къватӏал къачӏайги, лъим-газ-ток бачинги. Гьеб гурищ бищунго халкъалъе хӏажатаб жо?\nФорумалда бицаралдаса-рагӏарал даса хӏалтӏулъ пайда босизе бугин бицана Ш. Арадаховасги М. Мухӏамадовасги. Советияб власть биххаралдаса нахъе пачалихъалъ гӏуцӏун рукӏинчӏо федералияб даражаялда тӏоритӏулел бакӏалъул нухмалъулезул дандеруссинал. Цоцада рихьизе-лъазеги, цоцазул хӏалбихьи лъазабиялъеги ва гӏаммаб пачалихъияб политика билълъанхъизабиялъеги квербакъулеб тадбир букӏун буго бицен гьабураб форум.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "anishhab-hialtii-talihialul-kiul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=anishhab-hialtii-talihialul-kiul", "title": "Анищаб хӏалтӏи – талихӏалъул кӏул", "date": "2024-02-01 14:23:52", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Унсоколо росдал №2 школалъул байбихьул классазул тӏадегӏанаб категориялъул мугӏалим, Россиялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан ккола Зарема Мухӏамадова. Эбелги учительницалъун йикӏиналъ батила, школалда цӏалулеб заманалдаго гьелъулги анищ букӏана учительлъун яхъине.\nДГПИ лъугӏизабун хадуб, гьале 30 сон буго З. Мухӏамадовалъул гӏолеб гӏелалъе лъайгун тарбия кьолеб бугелдаса.\nХӏалтӏулъ бергьенлъаби щвезе ккани, хӏажалъу ла щибаб къойилаб захӏмат, ракӏ-ракӏалъго бокьизе ккола жиндирго хӏалтӏи. Заремал дарсазде щведал бихьула гьей гъваридаб лъайги психологияб бичӏчӏиги бугей махщелчӏужу йикӏин. Гьелъ дарсазда хӏалтӏизарулел батӏи-батӏиял къагӏидабаз ва хӏаяз кумек гьабула лъимал пикру гьабизе ругьунлъиялъе.\nГӏундузда рагӏаралдаса беразда бихьараб цӏи кӏкӏун ракӏалда чӏолин абулелъул, дарс кьей пайдаяб куцалда иналъе учительницаялъ хасаб кӏвар кьола дарсазда информациялъулаб технология хӏалтӏизабиялде. Лъай кьеялда цадахъго З. Мухӏамадовалъ хӏаракат бахъула лъималазе лъикӏаб тарбия кьезеги. Гьеб мурадалда пайда босула классалъул сагӏтаздаса, эбел-инсул собранияздаса ва дарсил заманалдасаги. Гьале Заремаца тӏоритӏарал классалъул сагӏтазул цо-цо темаби: «Кин хьвадизе кколел школалда, рокъор ва гӏаммал бакӏазда?», «Классалда жаниб кинаб гьоркьоблъи букӏине кколеб?», «Тӏабигӏат цӏуне», «Кӏудиязул адаб гьаби – гьитӏиназда тӏадаб борч» ва цогидалги. Тарбия кьеялъулаб хӏалтӏулъги гьелъие кумек гьабула умумузул комитеталъул членал Амраъ Мухӏамадгӏалиевалъ, Патӏимат Мухӏамадовалъ, Лаюза Мухӏамаевалъ, Халисат Ибрагьимовалъ ва цогидазги.\nЗарема гӏахьаллъана районалда тӏобитӏараб «Лъагӏалил учитель» абураб къецалда. Гьединго ДРялъул муфтияталъ тӏобитӏараб «Берцинаб гӏамал-хасият куцаялъул меседилал къагӏидаби» абураб республикаялъул къецалда Унсоколо росдал №2 школалъ ккуна кӏиабилеб бакӏ. Къецалда гӏахьаллъизе лъимал хӏадур гьаруралъухъ Заремае кьуна Хӏурматалъул грамота.\nШколалъул завуч Муъминат Мухӏамадовалъ абуна: «Зарема йиго жавабчилъи цӏикӏкӏарай, лъималазе лъикӏаб лъай кьезелъун цӏи-цӏиял къагӏидаби ралагьулей, кӏвахӏ гьечӏей педагог. Гьелъ кӏвар кьола цӏалдохъаби гӏурус мацӏалъ бацӏцӏадго кӏалъазе ругьун гьариялдеги. ВПР тӏобитӏулелъул кидаго тӏадегӏанал хӏасилал рихьизарула гьелда цере цӏалулел лъималаз», — ан.\nХӏалтӏулъ рихьизарурал лъикӏал хӏасилазе гӏоло З. Мухӏамадовалъе щвана школалъул дирекциялъул, райадминистрациялъул, лъай кьеялъул управлениялъул рахъалдасан Хӏурматалъул грамотаби ва гӏарцулал сайгъатал. Амма гьелъие гьеб киналдасаго хириял руго цӏалдохъабазул эбел-инсуца ракӏракӏалъго абулел баркалаялъул рагӏаби.\nМухӏамад ГЪАЗИМУХӏАМАДОВ"}
{"slug": "opolchenie-chӏago-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=opolchenie-chӏago-bugo", "title": "Ополчение чӏаго буго", "date": "2024-02-08 11:02:55", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана 25 сон тӏубала Дагъистаналде кӏанцӏун рукӏарал халкъазда гьоркьосел террористазда тӏад бергьенлъи босаралдаса. Доб заманалда ахӏичӏого вачӏарав «гьоболасда» кьварараб дандчӏвай гьабуна нилъер халкъалъ. Щибаб районалда гӏуцӏун букӏана ополчениялъул штаб. Масала, Казбек районалда ополченцазул хӏаракат байбихьана 1992 соналдаго. Гьелъие гӏиллалъун ккана гӏорхъабазда ахӏвал-хӏал хӏалуцараб букӏин. Доб заманалда ополчениялда вукӏана 2016 доброволец. Ополченцазул штабалъе нухмалъи гьабуна ва жакъаги гьеб ишалъулъ кӏудияб жигарчилъи загьир гьабулеб буго Муса Азаевас.\n1999 соналда РФялъул премьерминистрасул ишал тӏуразарулев вукӏарав Владимир Путин вачӏун вукӏана Дагъистаналде. Гьениб тӏобитӏараб гьитӏинабго данделъиялда, ополченцазул хӏаракаталъе тӏадегӏанаб къиматги кьун, гьезул сахлъиялдасан абун борхараб лълъар гьекъечӏого тана В. Путиница. «Нилъер ихтияр гьечӏо цо секундалъниги чучлъизе. Цо секундалъниги! Нагагь нилъ тамахлъани, ватӏаналъе гӏоло гӏумру кьурал нилъер бахӏарчиял рагъухъабазулги ополченцазулги хӏаракат хӏуруде буссуна, гӏададисеблъун лъугьуна. Гьединлъидал дица абила: нилъеца гьезул хӏурматалда гьекъела, амма жакъа гуребха», — ян абуна гьес.\nКӏиабилеб нухалда В. Путин республикаялде вачӏана халкъазда гьоркьосел террористаздаса бергьенлъи босаралдаса 20 сон тӏубан хадуб – 2019 соналда. Щвана гьев Болъихъеги ва дандчӏвана 1999 соналда террористазда данде къеркьарал ополченцалгун. Болъихъ бараб Бахӏарзазул памятникалда цере тӏугьдулги лъуна гьес. Ополченцазда гьоркьов вукӏана Казбек районалъул Спортивияб школалъул директор ва ополчениялъул штабалъул директор, эркенаб гугариялъул рахъалъ СССРалъул спорталъул мастер, Захӏматалъул Халкъияв Бахӏарчи Муса Азаевги. Доб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьес ракӏалде щвезабуна Путинилгун букӏараб гара-чӏвари. «Дица гьесда абуна, «Рагъулал лъугьа-бахъиназул ветеран» абураб статус ополченцазеги кьезе кколин абураб хӏукмуялъ ниж кутакалда рохизарунин абун. Доб заманалда халкъ къватӏибе бахъана ватӏан цӏуниялъул мурадалда. Ветеранасул статусалъе яги цӏаралгун шапакъатазе гӏоло рагъичӏо ниж. Амма улкаялъул нухмалъиялъ нижер жигарчилъиялъул къимат гьабиялдаса кутакалда рохана», — ян бицана гьес.\nКъокъабго заманалда ккарал вахӏшиял рагъазулъ чӏвана Россиялъул армиялъул 279 офицергун солдат, лъукъана 800-яв. Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул баяналда рекъон, чӏвана 2500 хъачагъги. Республикаялда буго ракълилаб гӏумру. Амма Казбек районалъул Цолъизабураб ополчениялъул штаб жеги хӏалтӏулеб буго. Гьелъул жигарчагӏаз бакӏарулеб буго хъачагъазде данде рагъиялъул тарих. Тасдикъ гьабун буго ополчениялъул устав ва гьелда рехсон руго ополчениялъ гьаризе ругел тадбиралги. Гьелда гьоркьоб буго жамгӏияталъе кӏвар бугел тадбиразулъ жигаралда гӏахьаллъарал ракьцоязе шапакъатал кьейги. Штабалъул нухмалъулев Муса Азаевасул кабинеталда тӏоритӏула ополченцазул ва рагъулал лъугьа-бахъиназул ветераназул дандчӏваял.\nУкраинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе жеги цӏикӏкӏана ополченцазул жигарчилъи. Гьезул нухмалъиялда гъоркь бакӏарулеб буго СВОялъул рагъухъабазе хӏажатаб къайи. «Гьаб кӏиго соналда жаниб дир кабинеталде щвана 1600-гӏанасев чи – ополченцалги СВОялъул гӏахьалчагӏиги цадахъ малъун. Дагьалъ цеве нижеца ахӏун вукӏана Хьаргаби районалъул Кӏикӏуни росулъа лейтенант, Кавказалъулги Дагъистаналъулги Бахӏарчи Мухӏамад Гьитӏинов. СВОялда гӏахьаллъулаго, гьев захӏматго лъукъана ва къотӏизе ккана гьесул кӏиябго хӏетӏе. Рагъда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ Мухӏамад мустахӏикълъана «Орден Мужества» ва цогидалги шапакъатазе. Нижер жамгӏияб гӏуцӏиялъул рахъалдасанги кӏиго медаль бана дица гьесул каранда: «За веру и службу России» ва «За мужеству и отвагу», щайгурелъул даим кӏодо гьавизе мустахӏикъав бахӏарчи вуго гьев», — ан бицана Мусаца.\nМ. Азаевас рачунел руго 15 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс цӏалулел Instagram (Россиялда гьукъараб), Телеграм-каналал. Гьес бицуна ополченцазул штабалъул ишазул хӏа къалъулъ. Каналалда лъола архивалдаса видео ва суратал.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "giumruyalul-hiasil", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giumruyalul-hiasil", "title": "Гӏумруялъул хӏасил", "date": "2024-02-08 11:23:28", "categories": ["med"], "text": "Заман щведал, щивав чияс гьабулеб батила жиндирго гӏумрудул хӏасил. Гьеле гьединаблъун, ай хӏасилал гьарулеблъун букӏана араб сон Цӏумада районалъул больницаялъул педиатр, лъималазул отделениялъ[1]ул нухмалъулев Гӏисматулагь Бадрудиновасеги.\nДГМИялъул педиатрияб отделениеги лъугӏизабун, 1975 соналда гӏолохъанав махщелчи хӏалтӏизе витӏула Челябинск шагьаралде, участкаялъулав педиатрлъун. Лъагӏалица гьенивги хӏалтӏун, вачана Буйнакск шагьаралъул участковияв педиатрлъун хӏалтӏизе, жеги лъагӏалидасан – гӏагараб районалде. 1977 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан гьенив хӏалтӏулевги вуго.\nХӏалтӏуде вачӏун щуго-анлъго соналдасаго ккарал лъикӏал хиса-басияз вохизавуна Гӏисматулагь. Тӏаса бищараб махщалидаса рекӏекъ лъиялъул асар цо минуталъги ккечӏо хӏалтӏуда араб 46 соналда жаниб.\nМедицинаялъул прогресслъун тохтур Гӏисматулагьица рикӏкӏуна педиатрия. Чанги ккана гьесул захӏматалъулаб гӏумруялда лъимал гьарулеб рокъосанго лъималазул отделениялде гьитӏичал ккеялъул, тӏоцересел галаби гьенир росиялъул, тӏоцересел рагӏаби абиялъул хӏужаби. Лъималазул рекӏел хӏал бичӏчӏуларев чи гьезул тохтурлъун вахъине кколарин рикӏкӏуна гьес. Бигьаяб иш гурелъул кколеб, уколазукьа хӏинкъулел лъималазе цохӏо тохтурлъи гуребги, психологлъиги, мугӏалимлъиги, артистлъиги гьабизе. Педиатрасул кидаго вукӏуна кӏиго унтарав – лъимер ва гьесул эбел (эмен, кӏодо). Гьезиеги бицине кколелъулха, лъимадуего гӏадин, мацӏ; бичӏчӏизабизе ккола лъимадул бугеб ахӏвал-хӏал, гьаризе ккола малъа-хъваял.\nГьедин хӏалтӏулаго араб щугоанцӏго соналдасан лъалаго хисана хӏалтӏул хӏасилги лъималазул отделениялъул жанисеб рахъги. Дида ракӏалда буго ниж, байбихьул классазул цӏалдохъаби, Гӏисматулагь Мухӏамадовичас гӏуцӏараб «Малыш» музыкалияб ансамблялда гӏахьаллъулел ва унтаразда цере рахъунел рукӏараб мех. Цониги байрам унароан, унтаразда цере ниж рахъинчӏеб. Кинаб рохелха букӏунеб букӏараб унтарал лъималазулгицин, живго Гӏисматулагьица аргъанги хъван, кечӏ ахӏизе яги кьурдизе рес щвани. Чанго нухалъ «Малыш» ансамбль цебебахъана республикаялъул телевидениялдасанги.\n1985 соналда гӏолохъанав педиатрасе кьуна «ДРялъул мустахӏикъав тохтур» абураб тӏадегӏанаб цӏар ва тӏадегӏанаб категория.\nРеспубликаялда лъабгоги букӏун батиларо больницаялъул отделениялда лъималазул майдан бугеб бакӏ. Гьединаб бакӏин абуни букӏана Цӏумада райбольницаялда.\nАнлъго бетӏерав тохтур хисана, Гӏисматулагь райбольницаялда хӏалтӏулаго. Гьезул щивас хӏаракат бахъана больницаялъул гьумерги жанисеб рахъги лъикӏлъизабизе ватана хадур рачӏунезе мисалалъе хутӏуледухъ лъикӏал лъалкӏал. Жакъасев нухмалъулев Хейрул-Анам Дибирасулаевасги кӏвар кьола лъималазул отеделениялде ва хӏажатабщинаб чӏезабиялде.\n1985 соналда, гӏагараб больницаялъул коллективалъулго гӏадин, курсцояй Такибат Махӏмудовалъулги кумек-квербакъиялдалъун бараб лъималазул городокалъе араб соналъ кьуна Гӏисматулагь Бадрудиновасул цӏар. Рикӏкӏен гӏемерал гьудул-гьалмагъзабазги пишацоязги ракӏ-ракӏалъ баркана гьесда гьеб рохалилаб лъугьа-бахъин.\nЛъикӏаб къимат кьуна районалъул педиатриялъе кьучӏ лъуразул цоявин абизе бегьулев Гӏисматулагь-дацил ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуеги. Лъикӏал кӏалъаял гьаруна гьенир гӏахьаллъараз, баркалаялъул рагӏабиги абулаго, гӏемераз ракӏалде щвезабуна гьеб отделениялда жидецаго бараб заман. Лъималазул отделениялда цебе рагьараб лъималазул городок ккола Гӏисматулагьицаги гьесул коллективалъги жидеего бараб ва ирсилазе нахъе тараб чӏагояб памятник.\nХадижат ЗАЛИМХАНОВА, Цӏумада район"}
{"slug": "gaz-bachine-bugo-chӏobogo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gaz-bachine-bugo-chӏobogo", "title": "Газ бачине буго чӏобого", "date": "2024-02-19 10:18:52", "categories": ["ikhtiyaral-tsiuni"], "text": "Социалиял бигьалъаби щолеллъун рикӏкӏуна ветеранал, инвалидал, лъимал гӏемерал хъизамал, чиякъго хутӏарал пенсионерал, СВОялъул гӏахьалчагӏи ва гь. ц. Гьединазул сияхӏ букӏуна щибаб муниципалитеталъул социалияб рахъалъ гӏадамал хьезариялъул идараялда.\nДагъистаналда бугеб «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъул баяналда рекъон, тӏадехун рехсарал ва жидеца гӏумру гьабулеб ва гьенибе цебеккун газ бачун бугеб росулъа гӏадамазул минабахъе газ бачине хӏажатаб къайи-алат босизеги газалъул мухъ бачинеги харж гьабураб гӏарац бецӏизе буго пачалихъалъ. Жиндие бигьалъи гьабизе тӏадав чиясул цо минаялде бачуна газ чӏобого, ай гьеб бачунаго харж гьабураб гӏарцул 100 азарго гъурущ бецӏула. Гьеб бецӏизе буго 2022 соналъул 21 сентябралда РФялъул президентас тасдикъ гьабураб «Об объявлении частичной мобилизации» абураб № 647 указалда рекъон, Россиялъул Рагъулал къуватазда хъулухъ тӏубалел дагъистаниязеги. Гӏарац бецӏеян абун, хитӏаб гьабизе ккола МФЦялде яги Госуслуги\nпорталалде, ялъуни бакӏалъулаб социалияб хъулухъалъул управлениялде.\nСоциалияб бигьалъи гьабеян хъвараб хитӏабалда цадахъ рукӏине ккола гьадинал документал:\n– паспорталъул (яги мун щив чи\nкколевали тасдикъ гьабулеб цогидаб документалъул) копия;\n– социалияб бигьалъи дуе кколеблъи тасдикъ гьабулеб документалъул копия;\n– минаялде газ бачине хӏажатаб\nалаталъухъ харж гьабураб гӏарцул\nдокументал (чекал).\nМинаялде газ бачеян абурал хитӏабал къабул гьарула республикаялъул шагьараздагун районазда ругел газалъул 39 хъулухъалда ва МФЦялъул 43 филиалалда. Хитӏаб гьабизе бегьула Газификациялъул цогояв операторасул ва Госуслуги сайтаздасан.\nДагъистаниязе рехсараб бигьалъи гьабиялъул мурадалда, 2022 соналъул анлъабилеб апрелалда ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабун буго хасаб № 69 хӏукмуги:\n«Об утверждении порядка предоставления меры социальной поддержки в виде единовременной денежной выплаты на оплату расходов, связанных с приобретение, установкой внутридомового газового оборудования и проведением газопровода внутри земельного участка, отдельным категориям граждан, проживающих в Республике Дагестан».\nМухӏканаб баян батила гьаб сайталда: https://dagmintrud.ru/ press/\n55072."}
{"slug": "kinabgo-barab-bugo-bakialulab-nuhmaliyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kinabgo-barab-bugo-bakialulab-nuhmaliyalda", "title": "Кинабго бараб буго бакӏалъулаб нухмалъиялда", "date": "2024-03-13 19:30:15", "categories": ["tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Махӏачхъалаялъул №57 школалда тӏобитӏана республикаялъул жамгӏиял хӏаракатчагӏазулги лъидаго рачӏел СМИязул журналистазулги дандеруссин. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумаханов, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева, Махӏачхъалаялъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Хӏажимурад Маллаев, ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул тӏоцеесей заместитель Аида Тӏалхӏатова.\nДанделъиялда бицана сахлъи цӏуниялдаги лъай кьеялдаги ругел масъалабазул хӏакъалъулъ. Аида Тӏалхӏатова: «Нижеца муниципалитетазул лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезухъе кагътал ритӏана, гӏицӏго рахьдал мацӏ хӏисабалде босараб цӏалул план тӏаса бищеян абун. Амма чанги школалъ тӏаса бищун буго рахьдал мацӏалъе дагьал гурони сагӏтал рихьизаричӏеб цӏалул план, ай инкар гьабун буго рахьдал мацӏ малъиялдаса. Нижеца гьединал школазул нухмалъулелгун хӏалтӏи гьабулеб буго».\nСайгидпаша Гӏумахановас гьелда гьикъана, школазда Дагъистаналъул тарих малъулеб бугищан. Гьелъ жаваб кьуна Дагъистаналъул тарихги географияги Россиялъул тарихалъулги географиялъулги дарсазда цадахъ малъулин абун. «Географиялъул дарсида 30 минуталъ бицуна улкаялъулго ва 15 минуталъ – регионалъул географиялъул хӏакъалъулъ. Гьединго малъула тарихги. Росун руго гьел дарсал кьезе цӏалул тӏахьалги», — ян жаваб кьуна гьелъ.\nАмма гьеб жавабалда разилъичӏо С. Гӏумаханов: «Федералиял программаби ругинги абун, тӏаса бихьизабизе бегьуларо гьеб масъала. Дида кинго бичӏчӏуларо, щай батӏаго букӏине бегьулареб гӏагараб ракьалъул тарихалъулги географиялъулги дарсал? Кинго разилъуларо дун, анкьида жаниб цо дарсги кьун, рахьдал мацӏ малъулеб къагӏидаялда. Гьеб ахӏвалхӏал битӏизабиялъе хӏаракат гьабизе ккела министерствоялъ», — ан абуна гьес.\nШколалда цӏали гӏуцӏиялъул иш хӏакъикъаталдаги бараб буго муниципалитеталъул ва школалъул нухмалъиялда: гьез тӏаса бищула цӏалул план ва гьабула хӏукму – регионалияб компоненталъе бихьизабураб заман кинаб дарсие кьелебали.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "insucza-abulaan-kveshab-surat-bahizegian-bahichiogo-tani-likiilan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=insucza-abulaan-kveshab-surat-bahizegian-bahichiogo-tani-likiilan", "title": "«Инсуца абулаан квешаб сурат бахъизегӏан, бахъичӏого тани лъикӏилан»", "date": "2024-03-16 21:56:06", "categories": ["kaziyat"], "text": "Церегӏан соназда къанагӏатги букӏунароан тумазул миллаталъул фотограф Камил Чутуевасул суратал камураб газет-журнал. Гьесул эмен Аминги лъалаан советияб заманалда ТАССалъул фотокорреспондент хӏисабалда.\nГьединлъидал гьел кӏиязулго хӏурматиял цӏаразулги машгьурлъиялъулги гьаниб бициналъулъ гьедигӏан хӏажалъи гьечӏо. Бицина гӏицӏго гьал къоязда Махӏачхъалаялда байбихьараб Камил Чутуевасул суратазул выставкаялъулги гьесулгун нижер ккараб гара-чӏвариялъул.\n— Камил, суратал рахъиялде рокьи инсудасан щун батиларищха дуе?\n— Дир пикру букӏинчӏо художниклъун, фотографлъун вахъине, чара гьечӏого инсул нухдасан ине. У, цӏар рагӏарав фотожурналист вукӏана дир эмен, советияб заманалда гӏезегӏан соназ ТАССалъул корреспондентлъунги хӏалтӏарав. Дир букӏана батӏияб анищ. Амма гьеб тӏубачӏо. Гьеб тӏубангутӏиялъе гӏиллалъунги ккана дирго хъизан Патӏимат. Дун рази вуго дирго гӏумруялдаса ва цо къоялъниги ракӏги бухӏичӏо къисматалъ батӏияб, фотожурналистасулаб нухдасан дунго вачиналдаса.\n— Инсуца кинаб къимат кьолеб букӏараб суратал рахъиялъе бугеб дур махщалие?\n— Гьес кидаго гӏайибал чӏвалаан дир суратазда. Инсул хӏалтӏуда гӏажаиблъун, хӏайранлъун вукӏунаан дун. Гьес абулаан квешаб сурат бахъизегӏан, бахъичӏого тани лъикӏилан. Гьеб рагӏи гӏумруялъего гӏуна дие.\n— Дуца тӏоцебесеб сурат сундул бахъун букӏараб?\n— Ункъабилеб классалда цӏалулеб мехалъ инсуца дие босана суратал рахъулеб аппарат, гьелда абулаан любительскиябилан, жеги ракӏалда буго гьелъул цӏарги — «Любитель» абун. Дица тӏоцере рахъана дирго гьудулзабазул суратал. Цо гьудул вукӏана дир Володя Билалов абун, цо къотӏнор яшав гьабунги рукӏана. Гьеле гьесул сурат бахъана дица тӏоцебе.\n— Аслияб куцалда магӏарухълъиялъулги росабалъ гӏумру гьабулел чагӏазулги суратал руго дуца рахъун. Амма доб советияб заманалда партиялъул тӏалабал батӏиял рукӏиндалха…\n— Дун гьелъухъ киданиги балагьичӏо. Дун балагьулаан гӏадамасухъ, гьесул хасияталъухъ. Хасго мугӏрул руччабазухъ. Гьаб дуниялалда тӏад гьечӏо нилъер мугӏрузул руччабаздаса берциналги лъикӏалги руччаби. Гьедун абизе кӏола.\n— Дур рахъарал руччабазда гьоркьорги гӏемерисел руго ригь арал гӏадамал. Гьелдалъун щиб бихьизабизе бокьун бугеб дуе?\n— Ригь кӏудиял руччабигун кӏалъалеб мехалъ дида кидаго дунго лъимерилан кколаан. Гьезул дидехун букӏунеб адабги хӏурматги бихьараб мехалъ, дун пикрабаз вачунаан лъимерлъиялде.\nЦо журналисталъ дида цӏехана, Камиль, дуца кидаго гьал херал руччаби щай рахъулелан. Гьелда кьабизе квер борхизехъин батана дица, рекӏеда ватун вукӏинчӏевани. «Кинай херай гӏадан гьей йикӏуней, гьей йиго дир эбел, яц, лъади», – ян абуна дица гьелда. Гьединалги камуларо нилъеда гьоркьор…\n— Доб заманалда гӏемер рукӏана цӏар рагӏарал фотографал, масала Зимбель, Рудольф Дик ва цогидал. Жакъа къоялда щив дуца гьезда гьоркьоса тӏаса вищилев вукӏарав?\n— Гьай-гьай, Рудольф Дик. Дуца цӏехедал, абулеб буго дица гьев тӏаса вищилаанин, амма дун гьес гьабураб гьабизейилан киданиги вахъинчӏо. Дир дирго букӏунаан хатӏги, хасиятги, творчествоги. Гьеб жив-живасул жинди-жиндир букӏинарищха.\n— Дур гӏумруялъул бищун дуе бокьулеб ва рекӏее асар гьабулеб заман кинаб букӏараб?\n— Битӏараб бицани, дир гӏумруго буго гӏажаибго хӏикматаб. Дие цӏакъ бокьула дирго ватӏан, хъизан. Дир руго гӏемерал гьудулзаби, гьездасан щола дие кӏудияб рохел, лазат. Амма рокьиги рохелги рокъобги дир камичӏо. Хъизамалде ва гьелъ дие гьарурал анлъабго лъимадуе буго дир кинабго рокьи ва талихӏ. Гьеб киназдаго гьединги лъала. Дица щиб гьабуниги, дир хьибил ккун рукӏуна гьел.\n— Гьаб дурго суратал рахъиялъул творчество букӏинчӏебани, кинаб махщел дуца тӏаса бищилеб букӏараб?\n— Дун армиялдаса вачӏараб заманалда ДГУялда рагьана Электротехникияб абун цӏияб факультет. Школалда 6-7 классазда цӏалулеб заманалдасанго бокьулаан дие гьаб радиогун бухьен бугебщинаб. Дица бакӏарунгицин букӏана дитекторнияб приемник, наушникалгун цадахъ. 7 классалда дида цадахъ цӏалулеб букӏана кӏиго гӏуруслъимер, гьезул цояв кколаан дир гьудул Балуев, цогидасул фамилия цӏар ракӏалда гьечӏо. Гьез ракӏарун рукӏана унго-унгоял звукалъул усилителал. Гьездасан ругьунлъана дунги гӏезегӏан жоялде. Щиб-щибниги гьабизе паяльник, гъалай, канифоль ва цогидаб бакӏарулаан дица. Гьединаб гӏиси-бикъинаб жо бичулеб тукен букӏунаан. Гьединлъидал, гьеб рахъалдехун бугеб рокьиялъ радиотехниклъун цӏализе ине анищ букӏана. Амма хадуб пикру хисун, гьениве инчӏо дун.\nГьедин инсуца дун витӏана Дагъистананалъул гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялде. Гьенив суратал рахъулев чи къваригӏун вугоан. Дуда суратал рахъизеги лъалелъул, гьениве аян абуна инсуца. Дица доб мехалъго рахъулаан суратал гьанже ругел унго-унгояб суратал рахъулел чагӏаздасаги лъикӏ. Инсуда тӏадги вахъун суратал рахъизе бегьуларелъул, дун ана музелде хӏалтӏизе. Гьениб бижана дилъ суратал рахъиялде рокьи. Гьелде щвезегӏан дирго росу тун батӏияб бакӏал лъалароан дида. Цинги лъана мугӏрулги, мугӏрузул росабиги, гӏадатиял гӏадамалги. Амма бищун аслияб ва гӏажаибаб жо букӏана дие щибаб росдал махӏ, гӏумру, хаслъи. Гьеб цӏакъ лъалаан дида батӏа бахъизе.\n— Магӏарул миллаталдехун кинаб бербалагьи дур бугеб?\n— Магӏаруллъиялда гъорлъ бищун гӏемер гьалбал рукӏана дир. Гьезие вокьулаан дун, амма жакъа къоялда гьезул гӏемерисел камуна – ковид-унтуца гӏемерав чи нухав лъуна, цо-цоял заманаялъ, санаца нухар лъуна. Мунагьал чураги гьезул. Дида кидаго берцин рихьулаан ва хӏурмат гьабулаан магӏарул (намусал) руччабазул. Мухӏамад Шамхалов («Багӏараб Байрахъ» газеталъул бетӏерав редактор – авт.) вукӏана дир цӏакъ лъикӏав гьудул. 1963 соналда гьес лъугьинавуна дун Журналистазул Союзалдеги. Дида доб заманалда цӏакъ берцин бихьулаан «Багӏараб Байрахъ» илан хъвараб рагӏи (дирго гьудулзаби гьенир хӏалтӏулел рукӏиналъищали).\n— Жакъа къоялда щиб дуца гьарилеб нилъерго ватӏаналъе, халкъалъе?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, дица гьарилаан, СВОги хехго лъугӏун, нилъер гӏолохъаби сах-саламатго ва бергьенлъигун тӏадруссине. Гьединго нилъер тӏолабго халкъалъе сахлъи, рохел ва аваданаб гӏумру гьарула. Нилъ гьелъие мустахӏикъал руго. Жеги бокьилаан нилъер халкъалъ мугӏрул яхӏги-намусги рехун тунгутӏизеги.\nГара-чӏвари гьабуна Рукъият Гӏалисултановалъ."}
{"slug": "muhiamad-ramazanov-kiigo-rahdal-maczi-bugo-niler", "url": "https://hakikat.info/?nationals=muhiamad-ramazanov-kiigo-rahdal-maczi-bugo-niler", "title": "Мухӏамад Рамазанов: «Кӏиго рахьдал мацӏ буго нилъер»", "date": "2024-03-19 21:37:19", "categories": ["kaziyat"], "text": "Лъималазда магӏарул мацӏалда кӏалъаниги, жаваб гӏурусалъ кьолин абун зигара-бакъ букӏуна гӏемерисел умумузул. Кин батаниги, гӏурус мацӏалдаса инкар гьабизеги рес гьечӏо, магӏарул мацӏ цӏуничӏогоги гӏоларо. Щибха гьабилеб? Гьеб суалалъе жаваб батун буго педагогикиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Рамазановасда. Гьес тахшагьаралда рагьун буго «Кавсар» абун цӏар лъураб лъималазул ах-школа. Гьенир гьитӏичал ругьун гьарула магӏарул мацӏалда кӏалъазе, малъула гӏараб, ингилис мацӏалги. «Кӏиго рахьдал мацӏ дандчӏвала нилъер гӏумруялда. Гӏурусги миллиябги гъорлъ жубан буго. Магӏарул мацӏ цӏунизе ккани, пикру гьабизе ккола гӏурус мацӏ цадахъ гьечӏого гьеб лъималазда батӏаго малъизе кинго рес гьечӏеблъиялъул. Жакъа гӏурус мацӏ буго гӏемер миллатал ругеб шагьаразда гӏадамал цоцазда ричӏчӏизеги цогидал рукӏа-рахъиналъул суалазулъги хӏажалъулеб мацӏ», — ан бицана Мухӏамадица.\nГьесда магӏарул мацӏ малъун буго украинайлъун кколей эбелалъ. Елена Васильевнаялда талихӏ батана Дагъистаналда, Шамил районалъул Хьиндахъ росулъ. Гьелъ, дарсал кьун, цӏалдохъабазул чанго гӏелги куцана. «Дагъистаналда батана дида талихӏ» абураб 1999 соналда бахъараб документалияб фильмги Елена Васильевнаялъул ва гьелъул хъизамалъул хӏакъалъулъ буго. «Кавсар» лъималазул ахги Мухӏамадил эбел-эмен Багьавудин ва Елена Рамазановазул цӏаралда буго. Еленаца ислам босана Багьавудиние индал. Гьей Къахӏиб районалъул комсомолалъул обкомалда лъабабилей секретарьлъун хӏалтӏизе йитӏун ячӏун йикӏана доб заманалда. Багьавудин рагъде индал, гьей тӏамуна учительлъун хӏалтӏизе.\nГӏемерал мацӏазда кӏалъай захӏматаб иш гуро\nЦӏакъ захӏматаб жо буго гӏурус мацӏалъул кумекалдалъун магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьедин малъана нижедаги эбелалъ магӏарул мацӏ. Гьебги жиндирго цӏалдохъабаздаса ва тӏахьаздаса лъараб букӏана гьелда. Эмен регӏулароан нижеда магӏарул мацӏ малъизе. Гьанжесеб гӏелалъул лъималазда гьеб къагӏидаялъ малъун гурони батӏияб рес гьечӏо магӏарул мацӏ лъазеги. «Россиялъул халкъал» абураб Тӏолгороссиялъул форумалда гӏахьаллъулев вукӏана дун. Гьеб форумалда киназего гӏаммаб ургъел батана — миллиял мацӏал тӏагӏунел рукӏин. Щиб гьабизе кколеб мацӏал цӏунизеян абураб суал борхун букӏана гьениб. Гӏурус мацӏ киназего рахьдал мацӏлъун лъугьунеб буго, щайгурелъул эбелалъул ургьибго лъимада рагӏулеб бугелъул гьеб. Дица дидаго цебе масъала лъуна гьанже щивасул гӏумруялъулъ гӏурус мацӏ щулалъараб мехалда, гьелдаса рорчӏизе бакӏги гьечӏелъул, бачӏунеб гӏелалда кӏиябго мацӏ малъизе кколин абун. Гьедин ракӏалде ккана магӏарул мацӏ малъулеб лъималазул ах рагьизеги. Гьеб ккола рахьдал мацӏ цӏуниялъе гӏуцӏараб гӏелмиябгун педагогикияб эксперимент. Гӏелмияб рахъалъги халгьабуна дица гьелъул. Инсанасухъа бажарула лъабго-ункъо мацӏалда эркенго кӏалъазе. Лъимер кибе щваниги, гьелъ бокьараб миллаталъул мацӏ босула», — ян бицана М. Рамазановас.\nКавсар – алжаналъул лъар\nГӏараб мацӏалдаса буссинабуни «Кавсар» рагӏул магӏна ккола Алжаналъул лъарин абураб. Мухӏамад Рамазановас «Кавсаралда» лъималазе рухӏияб тарбия кьеялде цӏикӏкӏун кӏвар кьола. Гьениб гьитӏичазе гӏуцӏун руго цӏакъ лъикӏал шартӏал. Гьитӏичазги хӏаракат бахъулеб буго магӏарул хӏарпал битӏун рахъизе. Бихьулеб букӏана дарсида малъун гурони, гьел рокъор магӏарул мацӏалда кӏалъалареблъи. Мугӏалималъ магӏарул мацӏалда кьурал суалазе жаваб кьезе бажарулеб бугоан гьитӏичазухъа. «Кавсаралъул» нухмалъулей Барият Рамазановалъ бихьизабуна нижеда гьитӏичазе дарсал кьолеб къагӏида. Щибаб дарсил план буго гӏурус ва магӏарул мацӏазда. Цин магӏарул мацӏалда бицун, цинги гӏурусалде таржама гьабун малъулеб буго мацӏ. Байбихьул классазул лъималги хьвадула гьенире магӏарул мацӏ лъазабизе. Гӏемерисеб мехалда кӏодоэбелалъ яги кӏудадаца щвезарулин лъимал «Кавсаралдеян» бицана Бариятица.\n«Руго жидедаго магӏарул мацӏ лъаларел, амма лъималазда гьеб лъазабизе бокьарал эбел-эмен. Гьединал хъизамаздаса лъималазда рахьдал мацӏ малъулелъул, гӏурусги магӏарулги мацӏал цадахъ хӏалтӏизаризе ккола. Тӏабигӏат лъазабиялъул дарсидацин щибаб рагӏи цин магӏарул мацӏалда малъула, хадуб гьеб гӏурус мацӏалда кин абулебали бицуна.\nЛъималазул ах рагьаралдаса лъагӏелги бащдаб ана. Нижеца хӏалбихьана цадахъ хӏалтӏулел гӏадамазул лъималазда магӏарул мацӏ малъизе. Шагьаралда гӏумру гьабун ругезе цӏакъ захӏмалъула лъималазда мацӏ малъизе. Хасго гьезул хъизам батӏи-батӏиял миллатазулаблъун бугони. Масала, дир бетӏергьанчи ккола магӏарулав, амма гьесул диалект батӏияб буго. Гьев ккола Чӏарадаса, дун Шамил районалдаса. Гьединлъидал нижер лъималазда лъалароан магӏарул мацӏ. Сверухъ ругел гьеб мацӏалда кӏалъалел гьечӏони, лъималаздаги ракӏалда чӏолеб гьечӏо. Байбихьуда, лъимал ругьунлъизегӏан, лъабго моцӏалъ ниж кӏалъалаан гӏурус мацӏалда. Хадуб байбихьана гӏурус мацӏалда абурал рагӏаби, гьеб бакӏалдаго магӏарул мацӏалде руссинаризе. Гьанжеяйин абуни лъималазда магӏарул мацӏалъ нилъеца бицунеб жо бичӏчӏулеб буго, амма кӏалъазе бокьулеб гьечӏо. Кьурал суалазе жавабал кьола, амма жидедаго гьоркьоб бицине нечола. Захӏмалъулел руго магӏарул хӏарпал рахъизеги. Гьединлъидал лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъазе лъугьани, нижеца гӏурус мацӏ бичӏчӏулареб ххвел гьабула. Жидее къваригӏараб жо щвезе бокьани, магӏарул мацӏалда кӏалъачӏого рес щибха гьезул. Гьедин ругьун гьарула мацӏ бицине. «Кавсаралъул» хӏалтӏухъаби цоцазда магӏарул мацӏалда гурони кӏалъаларо. Гьелъги рес кьола лъимал магӏарул каламалде ругьун гьаризе».\nПрофессорасул педагогикиял хӏалбихьиял\nМухӏамад Рамазанов: «Цо-цо гӏолохъанал улбузе ургъел гьечӏо лъималазул тарбиялъулги лъаялъулги. Гьез цӏехола вахта бугищ, лъимал нахъе кида рачине кколелин абун. Магӏарулазе рахьдал мацӏ къваригӏун батани, гьеб гьитӏинго малъизе ккола. Дида Болгариялда бихьана цӏалул тӏахьазда цояб рахъалда гӏурус, цогидаб рахъалда рахьдал мацӏалда хъван. Гьединабго къагӏида хӏалтӏизабулеб буго нижецаги». Мухӏамад Рамазановас гӏуцӏана ва гӏумруялде бахъинабуна социалиябгун педагогикияб кӏваралъул чанго проект. Гьеб ккола дунявиябгун динияб лъай кьолеб «Земфира» школа, «Амина» абураб лъималазул журнал ва «Педагогикияб квербакъи» абураб телепередача. Гьале гьанже «Кавсар» — кӏиго рахьдал мацӏалъул лъималазул ахги рагьана гьес. Гьел проектазул аслияб мурадлъунги ккола бачӏунеб гӏелалъул рухӏияб рахъ цебетӏезаби. «Земфира» школалъул директор, «Кавсар» лъималазул ах гӏуцӏарав, социалияб ва юридикияб факультеталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Багьавудиновичасул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталда чанго соналъ цебеги хъван букӏана. 80 сонил ригьалде ваханиги цӏакъ роцӏцӏараб гӏакълуялъул, бокьараб ишалъе жигар бугев магӏарулас бачӏунеб гӏелалъе гӏуцӏулеб бугеб рухӏияб бечелъиялдаса мисал босизе бегьила нилъецаги.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "murad-shhibdaj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=murad-shhibdaj", "title": "Мурад щибдай?", "date": "2024-03-22 12:50:02", "categories": ["rekiel-akhii"], "text": "Цодагьабниги пикру гьабулев чиясда бичӏчӏулеб буго, дол цере рукӏарал школалги гьанже ругелги батӏи-батӏиял бакӏал рукӏин. Дица школазул минабазулги, гьениб жаниб бугеб ремонталъулги, цӏиял партабазулги, интерактивиял доскабазулги гуро бицунеб бугеб. Мурад!? Гьанже ругел школабазул хӏалтӏул мурад щибдай? Гьанже школалда школайиланцин абулеб гьечӏо, гьеб рагӏула лъайкьеялъул учреждение.\nГьел учреждениязда хӏалтӏулел учительзаби, жидерго дарсазде хӏадуризе ва тӏадегӏанаб даражаялде дарсал кьезе регӏун тун гьечӏо, тӏаде чваххулеб бугеб кагътил цӏадалъ ва рикӏкӏентун гӏемерал тадбираз. Гьеб кагътил къадар дагьлъизабейилан живго Путиница абуниги, щибго хисараб жо гьечӏилан абулеб буго учительзабаз. Лъида гьеб бараб бугеб, щив пачалихъалъул тушман гьелда нахъа вугевалиги лъазе кӏоларо.\nУнгоги гьел учреждениязда лъугьа-бахъунебги бичӏчӏулел, гьелдаги рази гьечӏел, гьедин тани гьаб дунял бортун унеб бугеб кӏкӏалалъул тӏинуги бихьулел бищун лъикӏал учительзаби, ракӏ унтун, дару гьечӏел унтаби ккун холел руго, яги, хӏехьезего кӏвечӏого, нахъе унел руго. Оц хвани – гьан, гьоко биххани – цӏулилан ругел, парахат, малъа-малъарабги гьабун, бакъ аги, къо аги, къоло щуабилеб май хехго щвагийлан руго. Гьеб политикаялъул хӏасилалда, соналдаса соналде школазда учительзаби гӏоларого ахӏиги буго.\nДагъистаналда бищунго нилъер ракӏ унтараб суал – рахьдал мацӏазул ахӏвал-хӏалалъул бицунаго абула, школазе гьел къваригӏунищила ругел, директорзабазеги ЕГЭ кьуралдаса нахъе тӏокӏаб жоялъул ургъел гьечӏилан. Эбел-инсухъ гӏенеккани – школалда божунищила ЕГЭ толеб, кьун гӏарацгун репетиторал кквечӏони, гьеб кьунцин бажаруларилан абула. Цӏех-рех гьабидал бичӏчӏана, 10-11 классалда ругел цӏалдохъаби, гӏемерисеб мехалъ школалдецин инчӏого, репетиторазухъеги хьвадун, экзаменазде хӏадурулел рукӏунел руго. Лъай кьезе учительзабиги щолел гьечӏони, тарбияги интернеталъ кьолеб бугони, рахьдал мацӏги эбел-инсуца малъизе толеб бугони, ОГЭ-ЕГЭги репетиторазухъе хьвадун кьолеб бугони… Щиб гьабулеб бакӏха школа-учреждение? Гьелъул мурад щиб?\nБаху Мухӏидинова"}
{"slug": "czialdohanase-likiab-biczunev-hutiun-vugo-uchitel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czialdohanase-likiab-biczunev-hutiun-vugo-uchitel", "title": "Цӏалдохъанасе лъикӏаб бицунев хутӏун вуго учитель", "date": "2024-03-25 14:19:57", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Школалде учительлъун дун хӏалтӏизе лъугьаралдаса нахъе унеб буго 50 сон. Бокьун буго араб гӏасруялдаги ва жакъасеб гӏумруялдаги учителасдехун бугеб бербалагьи загьир гьабизе.\nСоветияб заманалда учителасул къиматги, къадруги ва гьесул гьабулеб тӏалабги тӏадегӏанаб даражаялда букӏана. Гьесие гьарулел социалиял бигьалъабиги рукӏана. Масала, чӏобого кьолаан бухӏизе цӏулги тӏурччиги. Гьебги щивасул кӏалтӏе щвезабулаан. Мухӏу Гӏалиев президентлъун вугеб заманалда учителасе, кигӏан бухӏаниги, ток чӏобого букӏана. Гьанже абуни учителасе коммуналиял хӏажалъабазе моцӏалъе кьола 1300 гъурущ. Харжал абуни, цӏакъго мукъсанал руго. Гӏумру гьабиялъе хӏажатаб гӏарцул роцен цӏикӏкӏинабуна, амма учителасул харжал цӏикӏкӏинарулел гьечӏо. Гӏемерисел школазда завучасул хӏалтӏи бащдаб ставкаялде бачана, амма гьес гьабизе кколеб хӏалтӏи, цӏикӏкӏун гурого, дагьлъичӏо. Бащдаб ставкаялда ругел завучазе щола 14-16 азарго гъурущ. Жакъасеб ахӏвал-хӏалалда гьеб цӏакъ мукъсанаб жо букӏин хӏакъаб буго.\nЦебе учитель лъималазде семизе бегьулаан, хӏатта гӏинцин кьурулаан. Гьелъул хӏасилалда цӏалдохъабазул гӏадлуги букӏана. Жакъа цӏалдохъабазул гӏадлу гьечӏо, гьезие гьеб гьабизе учителасул ихтиярги гьечӏо. Цере цӏалдохъаби учитель вугеб бакӏалдаса батӏияб свериги бахъун унаан. Гьеб букӏана гьезие кьолеб тарбиялъул, гӏадлуялъул, гьезулъ куцараб чӏахӏияздехун бугеб адабалъул хӏасил. Гьанже абуни цӏалдохъаби учителасул бадире женкӏелел рукӏуна. Дагьабниги кьварун рагӏи абуни, цо-цо цӏалдохъабаз хӏинкъабицин кьола учителасе. Гьедин гьез гӏарзги бахъун, хӏалтӏудаса нахъе аралги ратизе бегьула учительзабазда гьоркьор. Гьединал цӏалдохъабазул умумулги жидерго лъималазда ва гьез гьабулеб мекъаб пишаялда тӏадрекъола. Пикру гьабе, гӏун бачӏунеб гӏелалъул жакъа гӏадинаб гӏадлу хвараб хьвада-чӏвади, гьезда гьоркьоб кколеб дагӏба-къец букӏанищ советияб школалдаяли. Гӏадлу буго тарбиялъул аслу.\nЖакъа абуни, учитель хутӏун вуго цӏалдохъанасе лъикӏаб бицунев. Гьелъул хӏасилги нилъеда якъинго бихьулеб буго. Амма лъалеб жо буго, учитель цӏалдохъанасде семуларо яги гьесие гӏадлу гьабуларо гӏицӏго гьев битӏараб тарбиялде вачин мурадалъ гурого.\nЦогидаб рахъ босани, советияб школалда рукӏана цо авторасул цӏалул тӏахьал. Гьанже абуни, историялъул букӏа, хӏисабалъул, гӏурус мацӏалъул ва цогидал предметазул рукӏа, тӏахьал руго 4-5 батӏияв авторасул. Цӏалул программабиги зама-заманалдасан хисизарулел руго. Дир пикруялда, цебе гӏицӏго мелги доскаги гурого букӏинчӏеб мехалъ, цӏалдохъабазул лъаялъул даража тӏадегӏанаб букӏана. Хасго ЕГЭ баккун хадуб цӏалдохъанасул гӏаммаб лъай боси гӏодобе ккана. Жинцаго тӏаса бищизе бугеб махщалие къваригӏунел предметазда тӏадчӏейги гьабун, цӏалдохъанас рехун толел руго цогидал предметал.\nГьанже лъай босиялъе рихьизарун руго цӏакъго захӏматал программаби. Хасго байбихьул классазул цӏалдохъабазе кьолеб буго цебе чӏахӏиял классазе бихьизабун букӏараб материал. Чӏахӏиял классазе бихьизабураб материал захӏматаб буго цо-цо предметазул. Жидерго рахьдал мацӏ лъазабиялъе рихьизарурал сагӏтал цӏакъго мукъсанал руго. Масала, 4-9 классазе анкьие цо сагӏат кьун буго рахьдал мацӏ лъазабиялъе. Цо анкьалъ литература, цогидаб анкьалъ грамматика гьабизе кколеб буго гьеб предметалъул учительзабаз. Жакъа, киналгоязде гӏунтӏун лъимал гӏурус мацӏалда гурого кӏалъалареб мехалъ, бегьилаан гӏурус мацӏалъул сагӏталги дагь гьарун, гӏагараб мацӏ лъазабиялде кӏвар кьезе. Гьеб суал цӏакъ хашго тун буго.\nУчителасдехун бугеб тӏаса-масагояб бербалагьиялъул хӏасиллъун ккола цӏалдохъабаз къанагӏат гурого гьеб махщел гьанже тӏаса бищулеб гьечӏолъи. Дун пединституталда цӏалулеб мехалда физикаялъулгун математикаялъул факультеталда нижер курсалда вукӏана 150 студент. Гьанже абуни, рагӏана цо группагицин хӏалалъ бакӏарулилан. Лъаларо, гьеб уяб жойищали. Цо-цо районазул администрацияз, учительзаби гӏолел гьечӏолъиялда бан, учительлъиялде цӏализе лъугьаразе стипендиялда тӏадеги щуазарго гъурущ кьолеб буго. Гьедин букӏаниги, гьенире цӏализе унел къанагӏат руго. Гьеб ккола школазда учительзабазе мукъсанабго харж букӏиналъул хӏасил.\nШколалда цӏалдохъаби регӏизе толел гьечӏо жидее рихьизарурал предметазул программаялда рекъон лъай босизе. Цӏалул соналда жанир рачӏуна аза-азар кагътал цӏалдохъаби батӏи-батӏиял конкурсазда, проектазда, батӏи-батӏиял платформабазда ругел олимпиадабазда гӏахьаллъизе кколилан абун хъварал. Кинабха кколеб гьел конкурсазулги, проектазулги, олимпиадабазулги хӏасил? Гӏезегӏан лъикӏаб ккола. Учительзабаз хӏадурула цӏалдохъабазе материал, щола гьезие тӏоцересел бакӏал. Чахъабиги цӏунараб, бацӏалги гӏорцӏараб гӏадаб жо ккола.\nЛъай кьеялде бугеб хашаб бербалагьиялъул хӏасиллъун ккола цӏалул сон лъугӏараб мехалъ школалъе гӏиси-бикъинаб ремонт гьабиялъе гӏарцул сурсатал кьунгутӏиги. Учительзабаз жидецаго росизе ккола лажбарги, гьеб бахине щеткабиги ва цогидабги. Советияб заманалда, цӏалул сон лъугӏидал, ремонталъе биччалаан гӏарац. Рукӏуна цо-цо школазда эбел-инсухъа ремонт гьабиялъе гӏарац бакӏарулеб бугилан гӏарзалги. Чӏезабулеб гьечӏо учителасе мелги, кагъатги ва гьеб гуребги. Къокъго абуни, бокьилаан тӏадал идарабазул хӏалтӏухъаби учителасул захӏматалъе мустахӏикъаб къимат кьеялда тӏад ургъизе.\nМухӏамад-Хӏабиб Халилбегов,\nХунзахъ районалъул\nМочӏохъ росу"}
{"slug": "zhakagi-chiago-bugo-gudulli-vaczli", "url": "https://hakikat.info/?nationals=zhakagi-chiago-bugo-gudulli-vaczli", "title": "Жакъаги чӏаго буго гьудуллъи-вацлъи", "date": "2024-03-25 18:09:52", "categories": ["magiarukh"], "text": "Умумузул букӏараб гӏадат-гӏамал цӏунизе ккеялъул гӏемер бицунелъул, ракӏалде щвана Бежтӏа росулъа лъабго хъизамалъул тарих.\nДир эбел Гӏайшатил гьудул йикӏана Анжоева Аминат. Нижер тухум-кьибилалъул хӏакъикъат лъаларел росуцояз абулаан, Аминат дир эбелалъул яц ятилин абун – гьедигӏанги цоцалъ журан рукӏунаан гьел.\nАминатил бетӏергьанчи Рамазаница тӏоцее лъадилъун ячун йикӏун йиго Жаннат. Цо ясги гьаюн (Райгьанат), гьел ратӏалъун руго. Ва Жаннат лъадилъун ячун йиго дир имгӏалас – Хизриев Мухӏамадхӏажица. Нижерги Анжоевазулги хъизамал цоцада рухьинарураб «синулъун» лъугьана гьеб эбелалъул вацасул хъизам. Лъабабго хъизамалда букӏана микь-микь лъимерги. Аминатилги дир эбелалъулги гьудуллъи киданиги биххичӏо. Лъикӏаб гьоркьоблъи букӏана Аминатилги Жаннатилги. Цоцазул ракӏхвараб ишго ккечӏо гьезда гьоркьоб. Гьанжеян абуни, нагагь ригьин биххани, тухумазулго гьоркьоблъи хола.\nРайгьанатица эбелилан абулаан Аминатидаги Жаннатидаги. Гьей йикӏунаан кӏияйго эбелалда аскӏой. Кӏиябго рокъоб гьелда батулаан гьуинлъи-хинлъи: яцлъун къабул гьаюна гьей Анжоевазулги Хизриевазулги лъималаз. Киназдасаго кӏудияй йикӏиналъ, гьелъул адабги гьабулаан, къваригӏараб бакӏалда кумекалъеги рахъунаан. Кӏиябго хъизамалъул пашманлъи-рохел бащадго гӏахьал гьабулаан гьелъги. Кӏудияб хъизамги нахъа тун, гӏолохъанго хвана дир имгӏал. Гьебмехалда жеги цӏикӏкӏун тӏалаб гьабуна Райгьанатица чохьол эбелалъулги гьелъул лъималазулги. Бажарухъе квер чӏвалаан гьелъ Аминат-эбелалъул хъизамалдаги.\nНижерги Анжоевазулги минаби рукӏана мадугьалихъ. Дарсаздаса эркенаб заманалда ниж, лъимал, кидаго цадахъ рукӏунаан. Къаси улбул ракӏарулаан гъасде, гьез хьухьунаан щватаби, мачуял. Ниж рукӏунаан расандулел. Жакъаги нижеда гьоркьоб цӏунун буго вацлъиялъулаб гьеб асар.\nАминатил хъизамалда камиялги ккана: хвана бищун кӏудияв вас Асилдар – дир вац Мухӏамадил гӏелцояв, хадуй – Гӏайшат (дир яц Аминатил гьудул) ва дагьалъ цеве къадаралде щвана дир вац Шапигӏил гӏелцояв Микагӏил. Ниж школалда цӏалулеб заманалдаго абадияб рокъове ана гӏумруялъго рохьихъанлъун вукӏарав Рамазан-даци ва анцӏгогӏан соналъ цее ахираталде ана лъималазул ахикь тарбиячӏужулъун хӏалтӏарай Аминат-адаги. Аллагьас ахират лъикӏаб кьун батаги гьезие.\nХизриевазулги, Анжоевазулги ва Сулеймановазулги хъизамазул гьудуллъи чӏаго буго жакъаги. Амма хвана хъизамазул бутӏрул – кидаго цоцалъ рекъон гӏумру арал нижер эменал. Хвана имгӏаласул чӏужу Жаннатги – лъабго лъимадул рухӏел баччизе кканиги, кӏалдиса махсараги гьурмадаса гьимиги тӏагӏине течӏей нижер хирияй ада. Дун йихьарайго, гьелъ абулаан: «Кавсаралъул лъим щваяй, Гӏаршалъул рагӏад щваяй» абун. Гьел рагӏабазул магӏна бичӏчӏуларелъул, лъимерлъуда дир гьелде чанги ццимги бахъунаан…\nАмма хвечӏо лъабабго хъизамалъул гьоркьоблъи. Ниж цоцазухъе уна, пашманлъи-рохел гӏахьал гьабула, вац-яцаз гӏадин ургъел бикьула.\nРакӏ батиялъе чи гьечӏолъиялъ гуро – умумуз нижер ракӏазулъе тӏураб рокьулги адабалъулги къатӏрацин билизе бокьунгутӏиялъ.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "cziadasa-hiamzat-herehderil-tarihalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=cziadasa-hiamzat-herehderil-tarihalda", "title": "Цӏадаса Хӏамзат — херехьдерил тарихалда", "date": "2024-03-26 11:13:24", "categories": ["kultur"], "text": "Исана 147 сон тӏубала Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса. Шагӏирасул гӏумруялъул ва творчествоялъул бицун, гьев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда, чанго соналъ цебе гьесул хӏакъалъулъ дица цӏехон букӏана Харахьиса Нурмухӏамадова Патӏиматида, Заирбегова Аминатида ва цогидазда. Масала, Нурмухӏамадова Патӏиматица бицана жий гӏемер кколаанин унтарав васги вачун Махӏачхъалаялде, больницаялде.\n— Махӏачхъалаялда Харахьиса цохӏо Заирбегил хъизан гурони букӏинчӏо гъоб заманалда гӏумру гьабун. Гьединлъидал кидаго гьезухъ рещтӏунаан. Гьезухъе вачӏунаан Цӏадаса Хӏамзатги. Гьес гӏемер абулаан: «Нуж, херехь, махсара гӏемерал, рагӏи бегӏерал чагӏи руго», — ян. Дун ячӏиндал Заирбегил хъизан Сагӏидатица абулаан Хӏамзат ахӏизе кколин, магӏарухъа чагӏи рачӏиндал хабар-кӏалалъе жиндаги лъазабеян абулин Хӏамзатицаян. Гьев вукӏана гьобол-гьудул гӏемерав, гӏадан хирияв чи. Гьесухъ рещтӏунаан Махӏачхъалаялде магӏарухъа рачӏарал, сордо базе бакӏ гьечӏел чагӏи. Гьезда лъалаан Хӏамзатица гьоболлъи гьабулеблъи, — ян бицунаан Нурмухӏамадова Патӏиматица.\nЗаирбегил яс Аминатицаги бицана жиндир рекӏелъ гьев хутӏанила гӏаданлъи бугев, гьобол-гьудул хирияв, кепаб хабаралъул чи, гъваридаб магӏнаялъул рагӏул устар хӏисабалда. Жий доб мехалъ йикӏанила жеги гьитӏинай гӏадан, йикӏаниги гӏезегӏан лъикӏ ракӏалда вугила. Лъимал гьесие цӏакъ рокьулаанила, тӏаде вачӏаралъув гьенир лъимал ругони, гьел аскӏоре ахӏун, гьикъа-бакъарулаанила. Гьединго Аминатица бицана гьес абулаанила Хъандулалда алъул кьибил-тухум Харахьиса кколин абун.\nЦӏадаса Хӏамзатил вукӏана гӏемерав гьоболги гьудулгиян бицунаан Дагъистаналъул мустахӏикъав учитель, гӏемерал соназ авар мацӏалъул мугӏалимлъун хӏалтӏарав Харахьиса мунагьал чураяв Маликил Басирицаги.\nГьесул гӏаданлъиялъги, гъорлъ восиялъги, каламалъул бегӏерлъиялъги ватила гьев бачӏинахъего гӏадамазул рекӏелъ восулев вукӏарав. Гьес гӏадин асарал хъвалев чиги вукӏинчӏо ва вукӏинги щакаб бугоян бицунаан Басирица.\nГӏараб гӏелму цӏалулев Сивухъ вугеб мехалъ гьесул лъикӏав гьудул вукӏана Харахьиса Жамалудин, имам Гъазимухӏамадгун Генуб къварилъухъ гъазаваталда хварав, гьесул мурид Гӏалихӏажил наслуялъул чи.\nЖамалудинил яс Хадижатица бицунаан оцги бачун вачӏунаанила Хӏамзат Харахьиве, жиндир инсулги букӏанила оц, кӏиябго оцги пурцида бан, рекьарулаанила Жамалудинги Хӏамзатги, цинги унаанила цадахъ Цӏадареги рекьаризе.\nХъандулалъул кӏудияв эмен вукӏана Харахьиса, Цӏадаве вачӏун, гьенив чӏарав чи. Гьелъ гӏагарлъиги букӏана Хӏамзатил Харахьиб.\nХӏамзатил кучӏдул, гьел гӏадатиял кучӏдул гуро. Гьел руго «гӏакълудал гъамсал», тарбия кьеялъул кьучӏал, гӏелмудал ралъадал, гӏакълудал гӏорал, рагӏул ва пасихӏлъиялъул рорхатал мугӏрул.\nХӏамзатица къалмиде босичӏеб, квешабги лъикӏабги доб заманалда ккараб лъугьа-бахъин хутӏичӏин абизе бегьула. Гьесда лъалаан кигӏан пашманабги лъугьа-бахъин копоего сверизабизе.\nБатӏи-батӏиял росабалъ ккарал лъугьа-бахъиназде гьес хехго гьабулаан кечӏ. Гьесул цо чанго кечӏ буго Харахьир ккарал лъугьа-бахъиназда хурхаралги.\nЦебе гӏака бугезухъа бахъулеб букӏун буго нахул налог. Нах бакӏаризе ва районалде щвезабизе тӏадкъарав чиги вукӏана, Хӏамзатгун цадахъ Сивухъ мадрасаялда цӏалулев вукӏарав гьесул гьудул ва гьобол Маликил Жамалудин.\n1935 соналда Харахьиве боцӏул хъвай-хъвагӏай гьабизе чи вачӏиндал, Гъазимухӏамад абулев чияс, бокьосаги бачун, бахчун буго бече рокъоб. Исана нижер гӏакдаца бечеги гьабичӏин, бечӏчӏулебги гьечӏин абун буго гьес. Амма рокъосан, тӏаде рачӏарал иналде, гӏергӏедун буго бече. Гьеб бицен рагӏидал, Хӏамзатица гьабун буго гьадинаб кечӏ:\nИсана гӏадинаб сонго лъаларо,\nЛъабго моцӏ балелде бече кӏалъараб.\nМегеж хъахӏлъизегӏан рагӏараб гуро\nМагӏарул мацӏалда боцӏи кӏалъараб.\nРосулъ хӏайваназул хӏисаб хъвалелъул,\nКъаси ургъун вуго Гъазимухӏамад,\nБригад вачӏиналде чӏухӏараб рокъоб\nКъан нуцӏбигун бече бахчун лъикӏилан.\nИсана дир гӏака хӏорлъанин абун,\nХӏилла-макруялда кӏалъан вуго ав.\nАсул рагӏиялде гӏамалги гьабун,\nБригад унев мехалъ ахӏи бан буго.\n«Эбелалда цадахъ дунги хъвайилан»,\nНуцӏида гьоркьосан гьаркьахун буго.\nЛъаларо, бригадги гӏакайилан ккун,\nГӏергӏедун батизе нух буго элъий.\nЦогиги буго Хӏамзатил Харахьиб ккараб лъугьа-бахъиналде гьабураб, «Гӏакӏаде кини бахъи» абураб кечӏ.\nЛъеберабилел соназда ликбезги рагьун, кириллица малъизе рачӏинарулел рукӏана киналго. Гьедин лъабго лъимадул эбел Хъанича, гӏисинал лъималги рукӏун, ячӏун гьечӏо къасимехалъ рукӏунел рукӏарал гьел курсазде, гьелда гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъикӏ лъалеб букӏун буго гӏараб хъвай-хъвагӏай, гӏажам, цӏалулеб букӏун буго Къуръан. Гьенире рачӏинчӏезде гӏакӏа къотӏулеб букӏун буго. Гьедин Хъаничал гъобаса гӏакӏаде бахъун ун буго кини, моцӏ бараб лъимерги кинитӏаса нахъе бачун.\nЦӏадаса Хӏамзатица кечӏ гьабураб гьеб кини цӏунун буго гьабсагӏатги росдал музеялда.\nДир гьитӏинаб гӏарза завОНОясде,\nЗулмуялъ къвал байдал, къватӏиб рехараб.\nКъалмил мацӏ пулхараб гьалагаб кагъат,\nГьарщулеб магӏица багӏар белъараб.\nБукъараб заргӏанаб Гӏисаевасул\n«Гӏадлудал» кутакалъ квегъулел руго,\n«Красный партизан» Зайнулгӏабидил\nЗулму бергьун буго гьаб нижер росулъ.\nРадал ликпункталде кватӏунин абун,\nКини ана бахъун, бехъерхъун босун.\nКарандаса тӏечӏеб лъимерги рехун,\nЛъикӏго йикӏа абун, кӏал гьикъун тана.\nДун, моцӏ бачӏеб лъимер карандеги къан\nКидалъагӏан, ОНО, адин йикӏиней?\nКинида гурони макьу щоларин,\nЩиб дица гьабилеб гьаб рижиялда?\nАвги «хӏукуматалъ кверщел кьун тарав»\nКутак чи рагӏулин, гӏайиб щиб бугеб.\n«Кинабго ихтияр жиндихъ бугилан»,\nЖивго мукӏурлъанин, кӏалъан пайда щиб.\nКӏиго къо иналде прокурорас\nКиниги баччун ав тӏаде ахӏана.\nТӏокӏаб гьадинаб иш гьабиларедухъ,\nГьале туснахъилан, тункун рехана.\nЦӏадаса Хӏамзатил руго пьесабиги. Гьес гьенирги къватӏир чӏвазарулел руго рокьукъаб гӏамалги, рекъечӏел гӏадаталги, хашаб яшавги. Гьесул руго лъугӏичӏел пьесабиги. Масала, «Генуб къварилъухъ» абураб. Гьениб гьес хъвалеб буго: «Пардав рагьарабго бихьизе буго гендерил кӏкӏалахъ Гъазимухӏамадил хӏужраги гьелда цебе гьабураб щулалъиги. Гьенир данделъиялда 15-гӏан чиги. Гьезда гьоркьор Гъазимухӏамад, Шамил, Харахьиса Гӏалихӏажияв, Инхоса Нурмухӏамад, гӏалимчи Хӏариколоса Сагӏид гьел цогидалги…», — ян.\nГӏалихӏажияв кколаан имам Гъазимухӏамадил мурид, гӏалим. Гьенибго гьес бихьизабулеб буго Генуб къварилъухъ ккараб рагъул хӏакъикъат: «Гӏалихӏажияв, гӏодов ккарав чи, хъат цӏураб ракь речӏчӏулев вукӏана, «гьаби», «малгӏунал», «тушбаби» абун ахӏулаго…», — ян.\nХӏамзатица магӏарул мацӏалде руссинаруна Пушкинил, Жуковскиясул ва цогидазулги асарал. Таржама гьабулаан гӏараб мацӏалдасаги.\nГӏасругӏанасеб заман аниги, Хӏамзатил гӏемерисел асарал руго жакъа гьаруралгӏанги нилъер гӏумруялдеги дандекколел. Гьесул жиб-жиб кечӏ буго гӏумрудул хӏакъикъат рагьараб.\nБицуна Хӏамзатица абулаанин шагӏирлъун жив халкъалъ гьавунин абун. «Шагӏирлъун вахъинавуна халкъалъ ва дир библиотека букӏана халкъ. Дир гьабураб хӏурматги буго халкъалъул гьабураб хӏурматлъун. Щайгурелъул, дун вуго халкъалъул чи ва ярагъги дихъ буго халкъалъ чархида ккураб», — ан хъван буго Хӏамзатица.\nГулишат Ильясова,\nХарахьи росу"}
{"slug": "kochiohabi-chivala-kuchidul-hutiula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kochiohabi-chivala-kuchidul-hutiula", "title": "Кочӏохъаби чӏвала, кучӏдул хутӏула…", "date": "2024-04-02 17:34:42", "categories": ["barkiyal", "kultur"], "text": "Щибалиго гӏуцӏиялъ лъаларо, пачалихъалъ лъаларо, 21 абилеб март бихьизабун рагӏула Халкъазда Гьоркьосеб Поэзиялъул Къолъун. Гьедин хъван бугоан календараздаги. Гьеб къо поэтазул къо бугин, календаралъухъги ралагьун, рахъ-рахъалде ахӏун баркулел гӏадамалги руго. Гьел баркабиги къабул гьарун жал поэталин чӏаралги руго. Амма дида цебе тӏамизе захӏмалъулеб буго гьедин жинда баркун букӏарабани, щиб абилеб букӏараб Хъахӏабросулъа Махӏмудицаяли. Санцин гьаричӏого, Бекьилъе валагьун инаан цо Муида бер чӏвалел авал балагьун.\nРасулица щиб абизе букӏарабали цебе тӏамизе бигьалъула. Гьес абилаан поэзия щугосонил планалда рекъон хӏалтӏуларин. Гьелъие хасаб къоги моцӏги гьечӏин. Гьеб бугин чиясе талихӏлъунги, тамихӏлъунги, гьеб бугин рекӏее роххелги пашманлъиги, поэзия бугин тӏабигӏат ва гьеб букӏунин батӏи-батӏияб. Ва тӏабигӏаталъул гьечӏин берцинаб гурони заман абун. Гьев витӏун вукӏинаан гьеб къиматалъулъ. Поэзия буго рекӏел асар ва гьеб загьир гьабулеб къагӏида. Букӏунаро поэзиялъул хасаб къо, ригь, заман, цӏараб болжал ва нилъеца ахӏун бачӏин ва нахъе хъамун нилъедаса ин.\nГьеб бачӏуна бакъ гӏадин, цӏад гӏадин, накӏкӏ гӏадин, хаселгун их гӏадин нилъеда гьикъичӏого. Нилъ рухӏдал ва хӏайран гьарула гьелъул кьераз, гьелъул бакъназ, гьелъул гьаркьаз, гьелъул асаралъ ва гьеб кинабго загьир гьабизе кӏолел махщелчагӏаца: релъаби ратулел суратчагӏаз, рагӏи батулел шагӏирзабаз, гьаркьал ратулел кочӏохъабаз, бакънал рахъулел композитораз. Гьезухъеги гьеб бачӏуна зобалаздаса, гьезда гьикъичӏого. Унго-унгояб поэзия гьединаб буго, гӏодовги чӏун цо пуланав чияс ургъун рахъарал рагӏабазул дандраял гурелха. Гьелъие цо мисал.\nМашгьурав гӏурусазул шагӏир Михаил Светловас сардилъ сагӏат кӏиго тӏубарабго ворчӏизавун вуго телефоналъги кӏалъан, цо жиндир гьудул, жинца хъвараб цӏияб кечӏ цӏализеян.\n— Дуца бицунеб щиб? Гьаглъун вугищ мун? Гьаб чан тӏубараб заман, сагӏтихъ валагье, – ян абун буго гьудулас.\n— Тӏаса лъугьа, дида кколаан мун дир гьудул вугин ва гьеб «гьудуллъи» абураб жо цӏараб заманалда ва болжалалда гуреб, заманалъухъ балагьичӏого кидаго букӏунеб жойилан, — жаваб кьун буго Светловас.\nВа тӏокӏалъ кӏалъан гьечӏо дов чиясухъе. Гьеле поэзия!!! Гьеб шигӏру бачӏинги, гьеб хъвайги, хъван бахъарабго сардилъ ахӏиги, инкар гьабурасе кьураб жавабги, гьеб кинабго буго унго-унгояб ПОЭЗИЯ!\nРекӏел асар ва гьеб загьир гьаби. Ва гьеб поэзиялъул къо баркизе ккола унго-унгоял, кучӏдул хъвачӏого чӏезе кӏоларел поэтазда гуреб, гьез хъварал асарал цӏалулел, гьезул гьунаралъул къимат лъалел, гьез хъвараб цоцахъе кьолел нилъеда, нилъер миллаталъул гьединал рагӏул устарзаби, шагӏирзаби, поэтал рукӏин. Гьез кумек гьабула нилъее дунялги, нилъгоги рихьизеги ричӏчӏизеги. Жалго шагӏирзаби, гьунарал сверухълъиялъе канлъиги кьун бухӏун тӏагӏунеб хӏедул чирахъ гӏадин уна, амма цӏар, асар, пикру ва рагӏаби хутӏула. Шагӏирас абухъе:\nКигӏан гӏемераб гъегъ гӏурде баниги,\nГӏурччинлъи ганчӏалъе гъорлъан баккула.\nГьедин лирикагун чан дуэль ккараб\nКочӏохъаби чӏвала, кучӏдул хутӏула…\nШигӏрабазул къогун нужеда, хӏурматиял магӏарулал!\nМухӏамад Бисавгӏалиев"}
{"slug": "kialbichchankoyal-yataraj-unkacho", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kialbichchankoyal-yataraj-unkacho", "title": "Кӏалбиччанкъоялъ ятарай ункъачо", "date": "2024-04-13 21:34:18", "categories": ["l-imal-nil-er-bukiineseb"], "text": "Щибаб къоялъ, радал яхъанщинахъе, яккулаан Фатима шифоньералъуе – гьениб бан букӏана Кӏалбиччанкъоялъ ретӏине бугеб хъахӏаб гурде, аскӏобго — тиризе унелъул, босизе бугеб хъахӏаб кье- ралъул, бантиказ угьараб, накъищаз къачӏараб сумкаги.\nЗама-заманалдасан тӏад кверги бахъулаан гьелъ гурдеялда. Кӏалал кквезеги цӏакъайха йикӏарай щуго сон барай Фатима. Цо къоялъ гьелъ дахӏабабада гьикъана Кӏалбиччанкъо щвезе чан къо хутӏун бугебилан.\n— Анцӏго къоха, дир месед, -илан жаваб кьуна Салиматица. Ургъалилъе ккарай гӏадин лъу-гьана Фатима. Нахъисеб къоялъ бакъанида, Салиматида аскӏоегиячӏун, гьелъ абуна:\n— Дахӏабаба, дица жакъа ккуна щуго кӏал. Цо къоялдаса гурищха гьанже дун тиризе ине кколей? — илан.\nГьедин, къоял инаризе кӏо ларого йикӏана Фатима, хъахӏаб гурде ретӏине къваригӏун. Гьединабго гурде гьелъ дахӏабабада букъизабун букӏана жиндирго гьудул Саратие. Ясли-ахалда бищунго гӏедералгиха гьел рукӏарал. Гьенир малъарал кьурдаби, рокъое щварайго, Фатимаца дахӏабабадаги малъулаан.\nСалиматги сверизе кколаан Фатимада цадахъ, кьурди гьабулаго. Кӏалбиччанкъоялъ ретӏине ругел гурдазда «сверулел» гурдалилан цӏар лъун букӏана ясаз. Гьале тӏаде щвана, ретӏун хъахӏал гурдалгун, ясал тиризе унеб къо. Хъахӏал гурдалги, гьездаго рекъарал шалалги, хъахӏал сумкабиги, хъахӏал мачуялги, бантикалги ругел хъахӏал носкабиги – жибго бакъуцагицин салам кьолеб букӏана кӏиго хъахӏмиккиялъе. Накӏкӏалцин хӏинкъана гьеб къоялъ бакъуде аскӏоре къазе, нагагь бакъул чӏоралги тӏагӏун, ясазул талихӏ тӏуркӏилилан. Рогьинегӏан макьуги кибха гьезда щолеб. Нух битӏаги, бабал тӏанчӏийилан, нухарегӏана Саратил эбел Аминатица ясал. Данде ккаразе жидерго гурдазул «балъголъиги» рагьулаан гьез – балагье цо нижер гурдал «сверулел» куцилан, цоцазул квералги ккун, кьурдулаан ясал.\nЗаманалдаса зобгӏан хъахӏилал, цӏолбол гаралгӏан гургинал Фатимал беразде пашманлъи рехана – гьелъул рахӏат хвезабулеб букӏана Саратил сумка цӏолеб букӏиналъ. Гьелъ хӏикмалъи гьабулаан щай киназго гьудулалъелъикӏа-лъикӏал сайгъатал кьолел, жиндие конфеталги, вафлабиги кьолел ругелали. Сарат Фатимада дагьай гӏамал кӏодогоцин кӏалъазе лъугьана. Жийго гьитӏинай йигониги, Фатимал ботӏролъе чӏахӏиял пикраби рачӏунел рукӏана:\n— Дица дахӏабабада Саратиеги букъизабуна диралдаго релълъараб гурде, росизаруна диего гӏадал шалги, сумкаги, носкабиги. Цинги щайха ай елъанхъизе кколей дир чӏобогояб сумкаялда? – ян ракӏалде кколеб букӏана гьелда.\nГурдазул «кьурдиги» тӏокӏалъ лъиениги бихьизабичӏо Фатима-ца, кверги кквечӏо гьелъ Саратил.\n— Вай, дуе щвараб берцинаб ясикӏо. Диеги бокьун буго гьадинаб, — илан жиндие ункъачоца кьураб ясикӏо Фатимаца кодобе босидал, хапун гьелъул кодоса гьеб бахъана Саратица, дурго ункъачода кьезабейиланги абун.\nЦӏакъго рекӏее гӏураб къагӏидаха Фатимае ясикӏо – жиндирго гӏадал бералги, кӏур-кӏургӏарал ра-салги, хъахӏаб гьурдеги, хъахӏал туфлабиги.\nРек-рекизарун кӏутӏбигун, гӏодилаго, рокъое ана Фатима. Цӏураб сумкаги баччун, Саратги ана рокъое.\nАзбаралъуе лъугьунаго, дахӏабабада берчӏвайдал, Фатимаца гӏекӏ-гӏекӏиялда гӏодилаго, гьикъана жиндир щай ункъачо гьечӏейилан, ва, гӏодун яхъиндал, бицана жиндиргоги Саратилги ккараб.\nЖиндирго квенчӏелалда кьижун ккарай ясалъул ясалъул лахӏчегӏераб рас лъухьулей йикӏана Салимат.\nКӏалбиччанкъоялъ кидаго ракӏбакъвалаан Салиматил. Гьеб къоялъ юкъана Салиматица жиндирго яс, Фатимал эбел Жапарат. Кӏалбиччанкъоялъ щвана гьалъухъе рос кьурулъе вортун вугин абураб ругьелги. Амма йохизе гӏиллаги букӏана гьалъул — Кӏалбиччанкъоялда хурхараб– гьеб къоялъ гьаюна дахӏабабал Фатима. Фатимаца кӏоченабуна гьелда къварилъи-пашманлъи.\nГӏодой кӏусахъе гъапуллъун ккарай Салимат йорчӏизаюна, рокъор ругелищ гӏадамалилан ахӏделаго ячӏуней Аминатил гьаркьица. Цадахъ Саратги йикӏана гьелда. Кодоб ккун Фатимал рокьи ккараб доб ясикӏоги букӏана.\nЯсикӏоялъул горбода бан букӏана Аминат–ункъачоца Фатимае Кӏалбиччанкъо баркун кьураб меседил рахас. Ясикӏоялда берчӏварабго, жеги макьидаса тӏуянго йигьинчӏей Фатимал берал кенчӏана, аммагьей ясикӏоялде аскӏое къазе хӏинкъана, нагагь гьанжеги Саратица кьечӏонийилан. Амма Сарат жийго ячӏана Фатимаде аскӏое ва, гьелъул кӏаркьадаги баун, ясикӏо гьудулалъухъе кьуна. Аминатицаги, ясикӏоялъул горбодасаги бахъун, рахас Фатимал горбода бана. Рахасалда цадахъго кулонги букӏана. Гьелда, рикӏизеги рикӏун, рахъун рукӏана Фатималги Саратилги суратал.\nГьединаб берцинаб сайгъат хӏадурун батана Аминатица ясалъул гьудулалъе. Гьеб Саратидацин лъалароан. Гьединабго рахас букӏана Саратил горбодаги. Ва къалъудаса хадурги, ретӏун хъахӏал гордалгун, Фатимаги Саратги щвараб бакӏалдасан тиризе ана. Гьаб нухалда Фатимае ургъел букӏинчӏо, Саратие лъица щиб кьуниги. Гьелдаги ята на дунялалдаго бищунго лъикӏай Аминат ункъачо. Амма Кӏалбиччанкъоялъ кьураб сайгъаталда лъугӏичӏо Аминатил лъикӏлъи.\nАхираб заманалда унтун йикӏарай Салиматида хадуб хъулухъ гьабизе чиги вукӏинчӏо. Аминатицаги гьелъул рос Ахӏмадицаги жидерго доре рачана дахӏабабаги Фатимаги. Саратицаги дахӏабабайилан абулаан Салиматида. Цадахъ школалдеги уна ан ясал, дахӏабабае кумекги кӏиязго цадахъ гьабулаан…\nКӏалбиччанкъоялъ ятарай ункъачоца жиндаго аскӏоса киениги йиччаларин къотӏи гьабуна дахӏабабаги хун хутӏарай Фатимае.\nШамай ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "besdalaluhe-begarab-kver", "url": "https://hakikat.info/?nationals=besdalaluhe-begarab-kver", "title": "Бесдалалъухъе бегьараб квер", "date": "2024-04-13 21:41:19", "categories": ["barkiyal", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Дун йиго Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъа Пахруева Патӏимат. 2001 соналда, тӏоцебесеб классалде ячун заман балелде, камуна дие эмен. Гьесул анищ букӏана дун тохтурлъун яхъине, живгоги ракӏ унтарав чи вукӏиндал батила. Инсул анищ тӏубазе дие кумек гьабуна учительзабаз, гӏагарлъиялъ, хасго дир эбелалъул эбел Юнусова Асиятица.\nБерзул канлъи дагьлъун бугониги, гьелъие бокьула газета цӏализе. Гьединлъидал бокьана гьаб баркалаялъул кагъат хъвазеги: Аллагьги разилъизе, дир бабаги йохизе – гьей гьаюраб къоги баркизе, цогидазе мисаллъунги букӏине.\nЖакъа бокьун буго, вацалгун яцал,\nГазета гьоркьоб ккун баркала кьезе.\nДун гӏезе гьаюрай, гӏазизай бабу,\nГьаюраб къо баркун, кӏодо гьайизе.\nКьеги дуе талихӏ, таги мун чӏаго,\nАнцӏабго килищги канае бакун,\nНижер гьаб гӏумруго берцин гьабизе.\nДир гӏамал берцинай, дир рагӏи гьуин.\nЩибаб какда хадуб гьарулеб буго,\nАллагьилан ахӏун, Хӏабибан хӏелун:\nЦӏуне, Аллагь, Дуца хӏеренай бабу\nУнта-шокъалдаса, балагьаздаса.\nКьеги дуй Аллагьас жеги нусго сон,\nГордуда цӏороялъ цӏорода гӏадал\nБерцинал накъишаз гьаб нижер гӏумру,\nНуралъ гӏадин дуца гвангъизабизе.\nДир инсул ахираб анищ тӏубазе,\nДир тохтур яхъине дуе бокьана.\nКъана дуца дие къвакӏараб рачел,\nРекӏелъа инаро дур хӏаракатлъи.\nАмма жакъа дун дур хьолбохъги гьечӏо,\nМун гьаюраб къоги дуда баркизе.\nБачӏина газета духъе, рагьдухъе,\nДир гьал рагӏабигун ва баркалагун."}
{"slug": "nekioni-dudasa-gel-hiinkun-rukiun-ratila-ganzhe-shhajze-hiinkuleb-gab-goskino-gab-mosfilm", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nekioni-dudasa-gel-hiinkun-rukiun-ratila-ganzhe-shhajze-hiinkuleb-gab-goskino-gab-mosfilm", "title": "«Некӏони, дудаса гьел хӏинкъун рукӏун ратила. Гьанже щайзе хӏинкъулеб гьаб Госкино, гьаб Мосфильм?»", "date": "2024-04-13 22:04:16", "categories": ["rel"], "text": "Араб гӏасруялъул 60 абилел соназ машгьурав режиссер Георгий Данелияца («Мимино», «Афоня», «Кин-дза-дза!») бахъизехъин букӏун буго гӏурус пачаясда рихарав наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ драма.\n– Цӏакъ лъикӏаб сценарий букӏана Георгий Николаевичасул, — илан ракӏалде щвезабулаан Хӏажимурадил роль хӏазе жиндир анищ букӏарав машгьурав Вахтанг Кикабидзеца. – Ракӏчӏун абизе кӏола – дица гьениб роль хӏазе букӏана, амма кинабали лъалароан. Дирин абуни, хьул букӏана – щиб лъалеб, кьезе бегьулагури дихъе Хӏажимурадил роль? Дир саналги дандекколаан гьелъие.\nХӏажимурадил роль хӏазе бугеб гӏищкъуялъул кутакалъ, кӏкӏван бетӏергун, чӏегӏераб мегежгун гьев Данелийида цеве чӏола. Гьеб сипаталъ хӏайран гьавурав режиссерас ахӏун буго:\n— Ваа! Дуца хӏазе буго Шамилил роль! — илан абун. – Гьадин ракӏалде щвезабулеб буго Кикабидзеца жиндиргун гьабураб цо гара-чӏвариялда.\nАбула политикиял бербалагьиязул кьучӏалда ккараб дандеккунгутӏиялъул хӏасил кколин «Хӏажимурад» фильм бахъизе течӏолъи. Жиндирго ракӏалдещвеяздаги режиссерас хъвалеб буго гьеб хутӏанин живго Расул Хӏамзатовасдагицин рагьизе кӏвечӏеб балъголъилъун.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицана сценариялъул режиссер Владимир Огневас. Гьесул рагӏабазда рекъон, сценарий нахъе бахъун буго Расулидаги Госкиноялъул бетӏерасул заместитель Владимир Баскаковасдаги гьоркьоб ккараб дагӏбаялдаса хадуб (гьевги вукӏун вуго сценариялъул соавторлъун). Гьеб ккун буго Динилиял квартираялъуб, хӏадурун бахъараб картина къватӏибе кьезе гьев хӏадурлъулеб мехалда.\nОгневас ракӏалде щвезабулаан:\n«Мугӏрузда букӏараб рагъул тарихалде гъорлъе ваккулаго, Баскаковас загьир руго Расулил рекӏее лъикӏаб асар гьабулев вукӏарав Чачаналъуги Дагъистаналъулги имамасул хӏакъалъулъ лъикӏал гурел жиндирго пикраби. Гьеб букӏана сахлъулареб ругъунлъун. Кидаялиго гӏолохъанав, литературияб институталъул студент Расулица гьабун букӏана кӏудияб мунагь – доб заманаялъул пикруялда тӏадги рекъон, гьес Шамилиде абун букӏана Англиялъул жасусилан. Жинхъаго ккараб гъалатӏ бацӏцӏине рес балагьи, имамасде рокьи загьир гьаби — гьеб кинабго букӏана доб гъалатӏалдаса хадуб…\nВа цо заманалдаса лъикӏго рекӏелгъей букӏараб столалда нахъа лъугьана рихха-хочи.\nРасул:\n— Мун — къобухӏарав, пакъирав хӏаким. Хвела мун. Щиб хутӏизе бугеб дуда хадуб? Шамил -кӏудияв инсан. Мун гьесда ващалъизе гьечӏо, чӏагоясдаяли киса гурин, хварасдагицин.\nДица столалда гъоркьан Расулида хӏетӏе тункулеб букӏана. Амма гьесда вуцӏцӏине ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо. Баскаковасул кьер тӏолеб букӏана. Расулица бицунеб букӏана сундего ругьунлъичӏел, щибго лъаларел, бажаруларел хӏакимзабазул хӏакъалъулъ…»\nГьеб къокъабго дагӏба-рагӏиялдаса хадуб Баскаков столалда нахъаса вахъун ун вуго.\n— Гьеб дагӏбаялъул хӏасилалъухъ гӏемераб мехалъ ралагьун чӏезего ккечӏо, — йилан абун,цӏидасанги байбихьана Огневас хабар. — Лъикӏаб гьоркьоблъиялда вукӏарав Баскаков, Комитеталда дун дандчӏвайдал, ахӏдана: «Дица гӏурусазде данде бугеб кино бахъизе гьечӏо!» — йилан абун. Гӏададисеб иш батана гьесулгун хадусеб гара-чӏвари. Дица абулеб букӏана фильмалъул автор дун вугин, Расул гӏицӏго консультант кколин абун. Амма гьес гӏинтӏамичӏо. Баскаков дагьавги цӏакъ ахӏдезе лъугьана. Гьесда цохӏо жиндирго гуреб гьаракь рагӏулеб букӏинчӏо.\nГьоркьоб заман индал, «Хӏажимурад» сценариялъул жилдазда Р. Хӏамзатовас гьадин хъвана:\n— Дур бетӏерги къотӏана,\nКъаркъалаги турана,\nЗаманаги сверана,\nСанал, сагӏтал тирана.\nНекӏони, дудаса гьел\nХӏинкъун рукӏун ратила.\nГьанже щайзе хӏинкъулеб\nГьаб Госкино, гьаб Мосфильм?\nБосана Урбеч-каналалдаса — https://t.me/ur_bech"}
{"slug": "koabileb-giasruyalul-gomer", "url": "https://hakikat.info/?nationals=koabileb-giasruyalul-gomer", "title": "Къоабилеб гӏасруялъул «Гомер»", "date": "2024-04-18 22:41:00", "categories": ["kultur"], "text": "Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовасул бихьизабиялдалъун исанасеб сон республикаялда лъазабун буго лезгиязул шагӏир, Дагъистаналъул адабияталъул классиказул цояв, 20-абилеб гӏасруялъул «Гомер» абун Максим Горькияс цӏар кьурав Сулейман Стальскиясул Лъагӏеллъун. Гьелда бан республикаялда байбихьана шагӏирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал тадбирал тӏоритӏизе. Хасго школазда. Учительзабаз кьолел руго шагӏирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал рагьарал дарсал, цӏалдохъабазда гьоркьор тӏоритӏулел руго викторинаби ва батӏи-батӏиял творческиял къецал.\nМасала, гьединал тадбиразул цояб ккола Махӏачхъала шагьаралъул школазул цӏалдохъабазда гьоркьоб шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул рахьдал мацӏазул куратор Рукъигат Абакархӏажиевалъул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб шагӏирасул кучӏдул Дагъистаналъул миллиял мацӏазда пасихӏго рикӏкӏиналъул конкурс. Тадбир тӏобитӏана тахшагьаралъул №37 гимназиялда.\nШколалъул жанахӏалъуре лъугьунаго батараб адабияталъул бокӏон сайгъат гьабун бугоан С. Стальскиясул творчествоялъе.\nДанделъабазул залалдаги берцинго къачӏан букӏана шагӏирасе сайгат гьабураб аадбияталъул гъансито. Гьенире жанире лъугьиндал, Дагъистаналъул росулъе ккараб гӏадаб асар гьабулеб букӏана – киса-кибего умумузул квербагъари, гьез хӏалтӏизабулеб букӏараб тӏагӏел-гӏучӏ. Тадбиралде рачӏаразда адабияталъул байрам баркана ДГУялъул профессор Марина Хӏасановалъ, ДГПУялъул ва Тахо-Годил цӏаралда бугеб гӏелмиябгун цӏех-рехазул педагогикаялъул институталъул гӏалимзабаз, шагьаралъул школазул учительзабаз, шагӏирзабаз ва цогидалги гьалбадерица.\nГимназиялъул цӏалдохъабаз ва учительзабаз тадбиралъул гӏахьалчагӏазе кьуна музыкалияб салам. Гьез цӏалана, ракӏалдасан рикӏкӏана, ахӏана шагӏирасул кучӏдул. Р. Абакархӏажиевалъги бицана С. Стальскиясул Лъагӏел кӏодо гьабун тахшагьаралъул школазда жеги тӏоритӏизе ругел тадбиразул.\nДандеруссиналъул кӏиабилеб бутӏаялда цӏалдохъабаз жидерго миллиял мацӏазда рикӏкӏана Стальскиясул кучӏдул. Щибаб номинациялда бергьарал цӏалдохъабазе кьуна шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулелъул цӏаралдасан Хӏурматалъул грамотаби ва дипломал.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "iskusstvoyalde-roki-sun-gechio-bashkiriyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=iskusstvoyalde-roki-sun-gechio-bashkiriyalda", "title": "Искусствоялде рокьи сун гьечӏо Башкириялда", "date": "2024-04-19 17:47:51", "categories": ["lit"], "text": "Гьал къоязда республикаялда гьоболлъухъ буго Башкириялдаса Салават шагьаралъул театр. Дагъистаналъул театралъул тарихалда гьел ккола тӏоцебесеб нухалда нилъехъе рачӏарал гьалбал. Федералияб программаялда рекъон, Авартеатралъ гьабураб хӏалтӏул хӏасил ккола гьеб.\n16 апрелалда гьез бихьизабуна лъималазул спектакль — «Алладинил хӏалкӏояб чирахъ» абураб маргьа. Спектакль лъугӏун хадуб Авартеатралда гьез тӏобитӏана пресс-конференцияги. Салаватиялъул драмтеатралъул хӏалтӏухъабаз бицана жидерго театралъул тарихалъул, Дагъистаналде рачӏиналъул мурадалъул, жидерго репертуаралъул хӏакъалъулъ. Пресс-конференция лъугӏун хадуб, рехсараб театралъул бетӏерай режиссер Лиана Нигматулиналгун гара-чӏвариги гьабуна нижеца.\n— Дагъистаналде дун цееги щун йикӏана. Гӏажаибаб рокьиги буго дир нужер ракьалде ва гӏадамазде. Гьалбал хириял, умумузул гӏадатал цӏунараб халкъ буго нужер. Гьединго гӏезегӏан бечедаб буго адабиятгун маданиятги. Гьеб киналдего тӏадеги, Расул Хӏамзатовасулги башкиразул халкъияв шагӏир Мустай Каримилги букӏараб гьудуллъиги гӏеларищха нилъее мисаллъун букӏине, — ян абуна Л. Нигматулинаца.\n— Авартеатралъе кьучӏ лъуралдаса тӏадеялъул тӏубала 90 сон. Гьединабго кӏудияб тарих батила нужер театралъулги. Амма цоцахъе рачӏунеб къагӏида гьанже гурони билълъанхъизабулеб гьечӏин ккола…\n— Цере миллиял театрал рукӏана жалго жидеего гӏураллъун. Ниж — Башкириялда, Авар театр -Махӏачхъалаялда. Цо кӏудияб хӏажалъи букӏинчӏо цоцахъе хьвадиялъул. Гьанжейин абуни, ресал цӏикӏкӏана сапарал ва гастролал гьаризе.\n— Башкириялда кинаб бугеб театралияб искусствоялдехун бербалагьи?\n— Башкириялда гьеб рахъалъ кидаго букӏана лъикӏаб бербалагьи. Хасго чӏахӏиял шагьаразда ругел театралде гъираялда рачӏуна.\n— Нужер театралъул репертуар, аслияб куцалда, сундаса гӏуцӏун бугеб? Классикиял асаралищ гӏемер ругел яги… Жакъасеб темаялда цӏиял пьесаби хъвалел чагӏи ругищ?\n— Киналго рахъаздалъун бечедаб репертуар буго нижер. Классикиял асаралги гьанже хъварал цӏиялги руго.\n— Театралда гӏумру хурхинабизе бокьарал гӏемер ругищ?\n— Руго. Нижер театралъул къокъаялда вуго 39 чи. Гьезул гӏемерисел руго гӏолохъаби. Гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏо. Амма, гӏамм гьабун босани, республикаялда гӏолохъанал махщелчагӏазул рахъалъ гӏунгутӏи буго.\nАшахан ЮСУПОВ"}
{"slug": "vatianalul-gotiol-gitiinab-giarkel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=vatianalul-gotiol-gitiinab-giarkel", "title": "Ватӏаналъул гъотӏол гьитӏинаб гӏаркьел", "date": "2024-07-11 22:11:09", "categories": ["insan"], "text": "Гӏажаибаб жо буго гӏумру. Нилъеца кидаго гуро хӏисаб гьабулеб гӏумруялъул сухъмахъазда кколел лъугьа-бахъиназул байбихьиялъул ва гьезул бухьеналъул. Лъимерлъиялда рукӏарал цо-цо лъугьа-бахъинал, кӏудиял гӏедалги такрарлъула, загьирлъула…\nЖакъа гьаб макъала хъвалаго, дунги тӏадвуссунев вуго дирго лъимерлъиялде.\n2011 соналъул сентябрь моцӏ. Щуабилеб классалдеги рахъун, гьанже кӏудиял гӏунин абураб пикруялъ куркьбал гъурал ниж. Ракӏалда буго тӏоцебесеб классалъул сагӏат (классный час). Нижер классалъул нухмалъулей Лаюза Хӏусеновналъ, нижергун лъай-хъвайги гьабун, щивасда гьикъана, кӏудиял гӏедал, кинаб махщел тӏаса бищизе къасд бугебилан. Гьеб параялъ щивас цеве чӏезавулев вукӏана живго тохтурлъун, учительлъун, инженерлъун… Битӏун бицани, доб мехалъ, жакъа гӏадин, гӏемер гӏарац щолел хъулухъазул пикруго гьабулароан лъималаз. Цебесан киназдаго гьикъулаго, ирга щвана классцояв Камилиде.\n— Лаюза Хӏусеновна, дир кӏудияб анищ буго тохтурлъун вахъине. Дица цевечӏезавулев вуго дунго — хъахӏаб халгӏатги ретӏун, унтарасе дару-сабаб гьабулев. Унго, тохтурасухъа гӏадамасе гьабун бажарулеб лъикӏлъи. Гьесул хӏеренаб каламалъгицин унтарасул бокьараб ругъун сахлъулеб батила. Дие цӏакъ бокьун буго гӏадамазе пайдаявлъун вукӏине. Цощина щиб букӏаниги унтани, нужги бищун цере дихъе, тохтур Хӏажидадаевасухъе рачӏинарищха, — ян махсараги гьабуна гьес.\nКиназго жидерго анищал, хьулал гьурщун рахъиндал, Лаюза Хӏусеновналъ гьабураб хитӏабги кӏочонаро:\n— Дир хириял лъимал! Тӏаса бищулеб махщел букӏине ккола бищун цебе нужеего бокьулеблъун. Нужерго хӏалтӏулъ бищун аслияб масъалалъун букӏине ккола нужерго хӏалтӏудалъун гӏадамазе бажарараб пайда гьаби. Гьеб мехалъ нужер хӏалтӏиги цебе уна, гӏадамазда гьоркьоб къадруги букӏуна, — ян абуна гьелъ.\nГьелдаса хадуб чанго моцӏ ун букӏана. Авар мацӏалъул ва адабияталъул мугӏалим Сидрат Гъазиевналъ абуна, Цӏадаса Хӏамзатил юбилеялъе сайгъат гьабураб рагьараб дарс тӏобитӏизе ракӏалда бугин ва гьенир гьесул асараздасан батӏи-батӏиял сценкаби лъезе ругин абун. Ролал рикьа-къотӏулелъул, гӏемерисез (бищун цебе дицаги) рищана кополал героязул рагӏаби. Гьоркьосаго Камилица абуна, жиндие бокьилин Хӏамзатил «Эменги васги – рухӏги Ватӏанги» асаралда рагъде унев васасул роль хӏазе.\n— Цониги тохтур гъорлъ вугеб асарги гьечӏо аниб, гьединлъидал, дида берцин бихьула Ватӏан цӏунизе унев васасул роль. Ватӏан цӏунизе щвей – гьеб кӏудияб даража буго, — ян тӏадеги жубана гьес.\nРагьараб дарсиде гӏезегӏанго гьалбалги рачӏун рукӏана. Нижеца ролал хӏалеб куц бихьун гьел цин релъулел рукӏана, цинги гъваридго ургъалилъе кколаан. Амма «Эменги васги – рухӏги Ватӏанги» абураб сценкаялъ бадиб магӏу ххулизабичӏев чи гьеб къоялъ хутӏун ватиларо. Гьелдаса хадуб Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазулгун букӏараб дандчӏваялдаги бихьизабун букӏана гьеб сценка. Дида ракӏалда руго, жакъа чӏаго гьечӏел ветераназ доб мехалъ нижеда абурал рагӏаби:\n«Рагъул темаялда хурхараб кинаб букӏаниги асар цӏалидал яги гьелдасан лъураб сценка бихьидал, нижер пикрабалъ паркъола дол кьогӏал рагъул сонал. Нижер щибго щаклъи гьечӏо, кӏудиял гӏедал, къо ккани нужги Ватӏаналъул парахалъи цӏуниялъул мурадалда борчун ярагъгун къватӏире рахъиналда. Амма тӏокӏалъ киданиги, кибениги тӏадбуссунгеги рагъул махӏ. Бетӏергьанас нуж, гӏун бачӏунеб гӏел цӏунаги гьелдаса», — ян.\nРалъдахъе гӏедегӏараб гӏор кинниги роржун ана сонал. Нижецаги нижерго анищазухъе гьабуна роржен. Гӏумруялда кинабго нилъее бокьухъе кколарелъул, нижерги киназулго гуро доб мехалъ анищалъ ургъун букӏанщинаб гӏумруялде бахъараб. Тохтурлъун вахъине анищ букӏарав Камилги гӏумруялъ батӏияб нухде ккезавуна. Гьес лъугӏизабуна ДГТУялда цебе бугеб колледж. Гӏемераб мех балалдего ана тӏадаб борч тӏубазе – армиялде.\nЦо къоялъ гьес бицана, жинца СВОялде ине рапорт хъванин.\n«Жакъа дир гӏемерисел гьудулзаби гьенир ругеб мехалъ, гьанив чӏезе ракӏалъе къабуллъулеб гьечӏо. Дун ракӏалъ гьениве ахӏулев вуго. Бокьун буго Ватӏан цӏуниялъулъ диргоги цо бутӏа лъезе», — ян абуна Камилица.\nРакӏалде щвана доб заман: гӏадамазе пайдаявлъун вукӏине гьесул букӏараб къасд, «Инсулгун гара-чӏвариялда» доб мехалъгицин гьесулъ букӏараб таваккал.\n— Ватӏан буго, эмен, улкаялъул рухӏ,\nНилъго кьойид гьарун, кьезе рекъелищ?\nКьалда хвечӏони, чи хола бусада, —\nХалкъалъул ракӏ регьун чӏезе бегьилищ?..\nГьениб гьес бана ичӏго моцӏ. Ва цо нухалъ гьес дида абуна:\n«Рикӏкӏада ругеб мехалъ, цӏакъго къимат лъалеб букӏун буго нилъерго гьитӏинаб Ватӏаналъул. Дир ракӏ щун буго гӏазул тӏагъур лъураб Гӏакаро-мегӏералдеги, кьабураб цӏалалъ, «боржун» унеб чу гӏадин чвахулеб Тоботалдеги. Бокьилаан цӏидасан школалдеги тӏадвуссун, нилъер учительзабазул дарсазухъ гӏенеккизеги. Дида гӏемерха ракӏалде щолел гьезул малъа-хъваял», — ан.\nВатӏаналде ракӏги лъун вугев гьудуласе дица битӏана миллияб байрахъги мугӏрулги тӏад рахъараб футболка. Гьенир хъван рукӏана гьадинал рагӏаби:\n«Тӏингъилъеги къулун херав инсуца\nГьав ахӏмакъ кисаян цӏехезе чӏоге», — ян.\nГьеб тӏад ретӏараб мехалъ, рокъове тӏадвуссанин кколеб бугин жиндаян абуна гьес. Ва гьале – дагьалъ цебе гьев мустахӏикълъана «За отвагу» медалалъеги. Медаль каранда барав Камилил сурат битӏидал, классалъул нухмалъулей Лаюза Хӏусеновна дихъе кӏалъан ячӏана.\n«Цереса ун чан сон баниги, нужер, анкьго соналъ дида цере рукӏарал лъималазул ургъел камун йикӏунаро дун. Жакъаги дуца гьеб сурат рехун бачӏиндал, дир\nбадиса магӏил гарал гирун рачӏана. Гьеб буго чӏухӏиялъул, йохиялъул асар. Дида, щаялиго, бищун цебе ракӏалде щвана доб «Эменги васги – рухӏги Ватӏанги», — ян абуна гьелъ.\nЛъидаха доб мехалъ ракӏалде ккун букӏараб доб асаралъ Камилил гӏумруялдаги лъалкӏ телин абун.\nМухӏамад МАНАПОВ"}
{"slug": "giandaderil-opolchenczal-charan-bianigi-biunareb-yahialul-misal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giandaderil-opolchenczal-charan-bianigi-biunareb-yahialul-misal", "title": "Гӏандадерил ополченцал: чаран бианиги, биунареб яхӏалъул мисал", "date": "2024-07-12 13:46:21", "categories": ["rakialdeshchvej"], "text": "1999 соналъул август, гъарачагӏазул бидулаб гьужум, гӏадатиял магӏарулаз щулаго букъараб зар\nБолъихъегун Цӏумаде Шамил Басаевасулги Хаттабилги яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул къокъаби кӏанцӏаралдаса исана тӏубала 25 сон. Саназул сверабалъан балагьани, гьеб ккола\nбитӏун завалалда вугев гӏолохъанчиясул гӏумру. Гӏемерал хиса-басиял ккана гьеб заманалда жанир. Амма 1999 соналъул август моцӏалда Болъихъгун Цӏумада рукӏарал лъугьа-бахъиназ жиндирго лъалкӏ тана нилъер республикаялда.\nГьединабго лъалкӏ тана хӏалуцарал дол къояз кодоб ярагъгун ахӏун вачӏинчӏев тушманасда дандечӏей гьабурал Болъихъ районалъул Гӏанди мухъалда гӏумру гьабун ругезул рекӏелъги. Гьединазул цояв ккола Гъагъалъ росулъа Аслудин Мухӏамадовги. Гьабсагӏат гьев хӏалтӏулев вуго республикаялъул информациялъулгун печаталъул Агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун. Доб мехалъ гьев хӏалтӏулев вукӏана республикаялъул МВДялъул УБЭПалда. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго\nжакъасеб номералда.\n— Аслудин, 25 сон ана дол балагьал къояздаса хадуб. Гӏемераб лъим чвахана гьеб заманалдаса нахъе Гӏанди гӏурулъа гӏодобеги. Амма кигӏан лъим чваханиги, дол къоязул хӏакъикъат дурги цогидазулги рекӏелъа нахъе чурун инаро. Дудаго жакъа тӏоцебе щиб бачӏунеб ракӏалде?\n— Бищунго цебе ракӏалде бачӏуна ахӏичӏого вачӏарав тушманасда дандечӏей гьабизе рахъарал нилъер гӏадамазул бадиб букӏараб таваккалги, хӏинкъи-къай гьечӏолъиги,\nкьвариги. Гьеб киналъго дие гьабураб асар 25 сон ун хадубги свинчӏого дир рекӏелъ буго. Доб заманалда дун хӏалтӏулев вукӏана УБЭПалда, капитанасул чиналда. 1999 соналъул апрелалдаго нижехъе щолел рукӏана Ш. Басаев хӏадурлъулев вугин нилъер республикаялде, жиндирго аскаргун, вачӏинеян абурал баянал. Амма федералияб тӏалъиялъ щаялиго гьел баянал гӏадахъ росичӏо. Республикаялъул МВДялъул министрлъун вукӏарав Гӏ. Мухӏамадтӏагьировасухъеги щолел рукӏиндал гьелго баянал, гьес дун ахӏана жинхъего гьелъул бицине. Дидаго лъалебщинаб дицаги бицана министрасда. Гьединаб букӏана ахӏвал-хӏал август моцӏалда цебе.\nВацал Басаевазул рукӏарал хьулал\nХадуб ккараб жо киназдаго ракӏалдаги батила. 7 августалъул рогьалилъ Шамил Басаевасулги Хаттабилги аскар Болъихъ районалде лъугьана. Бачӏинахъего гьез гӏужие росана Ансалтӏа, Рахатӏа, Щодрода, Тӏандо росаби. Хӏатӏидаса бахъараб бетӏералде щвезегӏан ярагъ борчарал, каранде щварал мугжузул хъачагъал, ракӏалдаго гьечӏого, росулъе рачӏиндал, кинаб хӏал букӏун батилеб росдал гӏадамазул. Гьеб заманалда гьезда дандечӏей гьабизе гьенив вукӏинчӏо ярагъ кодоб ккурав чиги. Хадур гьенире хӏалае щвана Болъихъ букӏараб рагъулаб часталъул аскариялги, МВДялъул хӏалтӏухъабиги, ОМОНги Нахъисеб къоялъ, августалъул микь абилеб къо букӏун батилин ккола, лъие бокьилеб ополченецлъун Болъихъе инеян хӏалтӏуда суал лъедал, дица кӏиябго квер борхана. Дида цадахъ вукӏана нижерго мухъалдаса Мажидов Мухӏамадаминги Сайгидов Ахӏмадудинги. Лъабабилев гьалмагъ вукӏана Шамил районалдаса. Ракӏалда буго, вертолеталдаги рекӏун гьенире араб къоялъ, ниж рещтӏун рахъиналде, нижеда хадуб бачӏунеб букӏараб цоги вертолеталде гранатометалдаса кьвагьун бачӏараб куц. Талихӏалъ, гьелда тӏад рукӏарал гъоркье рещтӏун рукӏана, жибго вертолет бухӏана. Гьедин Болъихъе щун рахъиналдего кьвагьи лъуна нижеде изну гьечӏого яргъид гӏуцӏараз. Дица тӏадехун абухъе, Ансалтӏагун Рахатӏа ва Тӏандо росабалъ гьезда дандечӏей гьабуна гӏадатиял гӏадамаз, ОМОНалъулазгун Болъихъ букӏараб рагъулаб часталъул аскарияз. Гьебго заманалда нижехъе щвана баянал Шамилил вац Ширвани Басаевасул бетӏерлъиялда кӏудияб къокъа тӏаде кӏанцӏизехъин рагӏулин севералъул рахъалдасанин абун. Гьеб рахъалдехун ругел росаби ккола Гӏанди, Гъагъалъ, Гӏашали, Зило ва Рикӏвани. Махӏачхъалаялдаса дида цадахъ рукӏарал кӏигоялги гьенир тун, дунги дир росуцояв Мажидов Мухӏамадги ана «гьалбадерида» дандчӏвай гьабизе чачаназул гӏорхъоде, «Речо» абураб бакӏалде. Ниж гьенире щвелалдего жамагӏат данделъун батана. Гьенир рукӏана гьабсагӏат чӏаго гьечӏев росдал жамагӏатчи Исламов Арзулумги Теловур Хӏайбулаевги. Цӏакъ сахал гӏолохъаби рукӏана. Арзулум, мунагьал чурад, цӏакъав бихьинчи вукӏана. Чачаназул рахъалдаса нижгун дандчӏвазе вачӏана Ширванигун цадахъ вукӏарав Хункар Исрапиловги гьесул чукъа-рухьенги. Габунибе бахинегӏан ярагъги борчун, кутакал бахӏарзал гӏадин рачӏана гьел нижгун кӏалъазе. Нижехъ щиб ярагъха букӏинеб: цоясухъ — кӏудияв инсулго букӏараб туманкӏ, цоясухъ — чанахъанасул туманкӏ, цогидасухъ – таманча. Гьедин рокъоб батараб ярагъгун бахъун букӏана жамагӏат къватӏибе.\nТушманасул къасдал хӏорго хутӏана\nЧачаназул къасд букӏана, нижер росулъанги ун, Мунисан бугеб кьоги кьвагьизабун, гьенир жидерго блокпосталги лъун, гьеб мухъалдехун гӏадан виччалареб хӏал гьабизе. Хӏисаб гьабе, лъабго районалде нух бикьулеб бакӏ ккола гьеб, цебечӏезабеха кинаб ахӏвал-хӏал гьениб букӏине букӏарабали. Мунисан бугеб кьо кьвагьани, я федералиял аскаразе щолароан кумек, я гьаб рахъалдаса букӏине букӏинчӏо рес гьенирехун рорчӏизе. Къокъго абуни, хъачагъаз тӏубанго кверде босизехъин букӏана магӏарухълъиялъул лъабил бутӏа. Гьебги къваригӏунлъидал Басаев вукӏарав. Хадур нижехъе щвана гьесулги вацасулги (Ширванил) радиоперехваталдаса гьарулел рукӏарал кӏалъаял. Бокьараб рес балагьун нужеца гьанирехун рорчӏизе санагӏалъи гьабеян абулеб букӏана Шамилица. Хункарпаша Исрапиловас, нижер жамагӏатчагӏазулгун букӏараб дандчӏваялда абун букӏана, нужер росулъе ниж къаларин, нижее гьеб хӏажатги гьечӏин. Жидее изну кьейин Гӏанди, Гъагъалъ росдал мегъ къотӏун ине, Басаевасул аскар чӏараб бакӏалде, ай Ансалтӏегун Рахатӏе.\n— Йохъ, нижеца гьеб къабул гьабуларо, — ян лъазабуна жамагӏатчагӏаз чӏванкъотӏун. — Нижер ракьалдасан нуж церехун унаро, нижер жаназабазда тӏасан ани гурони. Гьедин абуна гъарачагӏазда. Ниж, кин унги, ине ругин абулеб букӏана гьезги, гьанже балагьилинхаян кӏалъана жамагӏатчагӏиги. Лъабго горсвериялдасан гӏуцӏараб щулалъи букӏана Гӏандигун Гъагъалъ. Бищун тӏаса рукӏана ниж, гӏолохъанаб ригьалъул гӏадамал. Росу бакьулъ рукӏана дагьал ригь арал. Росуахада щулалъиги ккун чӏана руччабиги. Хъандираби, гӏащтӏал, кӏалалълъ бакӏалда хӏалтӏизабулеб нус – кодобе щвараб бегӏерлъиги хъатикь ккун, щулаго чӏана гьел. 25 сон аниги, жакъаги гӏажаиблъун хутӏула\nдун нилъер гӏадамазул, хасго руччабазул доб къолъ бадиб букӏараб таваккалги кьвариги бихьараб мехалъ. Гьединаб къвакӏараб ракӏалъул гӏадамал рукӏаго, рес букӏинчӏо гъарачагӏазе жидерго хъубал къасдал гӏумруялде рахъинаризе. Гьезухъа гьеб бажаризеги бажаричӏо. 13 августалъул сардилъ букӏана бищун хӏалуцараб рагъ. Хъачагъаз\nлъуна тӏоцебе кьвагьи. Тӏоцебе гьез жидецаго кьвагьизе теян абураб къотӏиялде бачӏана нижер ополчениялда рукӏаразул пикру. Ахӏичӏого рачӏарал гьалбал рукӏаниги, тӏоцебе\nнилъеца гьезда речӏчӏиларин абуна. Гьез кьвагьи лъун хадуб нижецаги байбихьана цӏа лъезе. Сордоялъ дандечӏей гьабуна. Доб мехалъ цо гӏадан хутӏичӏо росулъ, тӏаде ккараб къо борхизе гьениве вачӏинчӏев. Россиялъул рикӏкӏадал регионазда рукӏаралги рачӏана хабар лъарабго, гӏолохъабиги рачӏана, ригь аралги рачӏана. Гьаниб кигӏанго бицине рекъон гьечӏониги, федералияв судьялъун хӏалтӏулев вукӏарав дир кӏудияв вацги вачӏана, бугелъуб бугебги тун, сордо биххун. Гӏемерав чи вачӏана. Азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи\nвугеб ополчение букӏана Гӏандибгун Гъагъалъ.\nГьеб рагъулъ чӏвана дир цебесеб гӏагарлъиялъул кӏиго чи. Цояв — Исмагӏилов Исмагӏил, цогидав — Гӏабдулхӏакимов Исрапил. Гьев мунагьал чурадил кӏиго къо гурони ун букӏинчӏо хъизам гьабуралдаса. Жеги бахӏарлъи бичичӏев, гӏумруялъул лазат босизе щвечӏев гӏолохъанчияс абадиялъего берал къанщана росу цӏуналаго.\nЖаваб щоларел суалал, соназул рахас\n— Аслудин, гара-чӏвариялъул байбихьуда дуца абуна доб соналъул апрель моцӏалдаго нужехъе щварал баянал рукӏанин чачаназул сепаратистал тӏаде кӏанцӏизе хӏадурлъулел ругин абун. Амма гьелде нилъеца хӏадурлъи гьабичӏого кинха хутӏараб? Август моцӏ щвезегӏан жеги лъабго моцӏ — гӏураб заманги букӏун бугелъулха гьелде хӏадурлъизе?\n— Федералияб тӏалъиялъ щаялиго кӏвар кьечӏо гьел баяназде. Гьединго нилъер гьанирги рукӏиндал цо хасал чагӏи, чачаназул Шураялъул рахъ ккурал. Дие гьабсагӏат гьанир\nгьезул цӏарал рехсезе бокьун гьечӏо. 1998 соналъ, ракӏалда батани, съезд ахӏун букӏана гьез. Гьенирги рукӏана гьел гӏадамаз ахӏулел ахӏмакъал лозунгалги хитӏабалги. Гьанже свараб цӏадул рохъдолъ рикӏардун пайда гьечӏо. Амма республикаялъул нухмалъиялъ доб мехалъ рехун течӏо. Ополченцазухъ ярагъ гӏолеб букӏинчӏолъи лъайдал, ярагъги бачӏана битӏун, цогидаб хӏажатаб сурсатги бачӏана. Хадув, киназдаго ракӏалда батила, тӏаде гӏунтӏана доб мехалъ РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулевлъун вукӏарав Владимир Путинги. Вертолеталдаги рекӏун Болъихъе вачӏарав гьев дандчӏвана гӏадамалгун. Гьелдаса хадуб Болъихъе рехана федералияб аскар. Гьез кьаби щвезабуна Басаевасулги Хаттабилги аскаралда.\n— Гьеб букӏана хадуб. Нилъ тӏадруссинин 13 августалъул сардиде. Цӏа боркьараб рагъ букӏанин абуна дуца, хадуб щибха ккараб?\n— 14 августалъул радал щварал баяназдасан нижеда лъана къаси гьениб лъураб кьвагьиялъул хӏасилалда хъачагъазул 20-гӏанасев чи чӏваравлъи, гьединго живго Ширвани Басаевги лъукъаравлъи. Август моцӏ букӏаниги, нижер мухъ цӏорораб бакӏ буго, гьеб сордоялъги тӏад лъураб гӏадин накӏкӏги букӏун, доб рахъалда кколе-толеб жо лъазе букӏине нижеца КамАЗалъул чӏахӏиял бурдул риччалаан, цӏаги гъун, магӏардаса гъоркье гиризе. Гьез къалъизабулаан сверухълъи, ва нижее рес щолеб букӏана тушманасул рахъалда бугеб ахӏвал-хӏалалда хадуб халкквезе. Нижеца цӏадул хӏубал гиризе реччайдал, гьез ахӏулеб букӏана «Аллагьу акбар» абун. Амма гьезул ахӏи мекъи букӏин бихьизабизе нижеца ахӏулаан дандего «Аллагьу акбар» абун. Гьел ярагъгун рачӏана чияр ракьалде, ниж абуни рагъулел рукӏана нижерго ракьги цӏунун.\nРадалиде гьел, бухӏараб жидерго рагъулаб КамАЗги тун, нахъе ун ратана. Гьеб рагъулъ гьезул къогогӏанасев чи камуравлъи лъана нижеда. Нижер чӏвана анкьго чи. Гьелги чӏвана рагъулаб вертолеталъ тӏаса гъоркье бараб гумпараялъул кескалги щун. Сардилъ нилъер-чияр чи ватӏавахъизе лъазе рес гьечӏелъул, тӏадежоялъе зодосан. Гьеб рагъулъ лъукъана дунги. Кин гьеб ккарабали дидагоги ракӏалда гьечӏо, аскӏобго гӏадин бихъараб гумпараялъ гӏинкълъизавун дун лъавудаса ана, вигьиндал дирго рокъов ватана, бухьун гъежгун. Хадув дун, тохтурзабазухъе вачун, гьез дару-сабабги гьабуна. Ругъун сахлъизегӏан вегун чӏаян гьарулеб букӏана дида гьез, амма дица инкар гьабуна. Гьедин гӏиси- бикъинаб ругънахъ балагьулеб хӏал букӏинчӏо доб мехалъ дирги цогидазулги.\n— Аслудин, дида ракӏалда буго, тӏоцебесеб ополчение доб мехалъ нужер росулъ гӏуцӏанилан?\n— Битӏараб буго гьеб. Ниж рукӏана тӏоцересел ополченцаллъун. Ширвани Басаевги, Хункарпаша Исрапиловги, гьезул чукъбиги нахъруссун аниги, тӏадруссун рачӏине\nгьез къасд гьабичӏониги, октябрь моцӏал щвезегӏан нижер ополчение биххичӏо. Хадуб нижее рагъулал шапакъатал кьолеб мехалъ, гьездаса инкарги гьабуна. Гьел шапакъатазе гӏоло гурин ниж, кодоб ярагъгун, хвалиде бадире ралагьун рукӏарал, вижараб росдае гӏоло рукӏанин жаваб кьуна жамагӏаталъ.\nГара-чӏвари гьабуна Ашахан ЮСУПОВАС."}
{"slug": "mugialim-politik-diplomat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mugialim-politik-diplomat", "title": "Мугӏалим. Политик. Дипломат", "date": "2024-08-09 18:58:37", "categories": ["insan"], "text": "Цо бакӏалда цӏалун букӏана къватӏисел пачалихъазда тӏалъиялъул вакилзаби гӏедегӏуларила пуланав чиясе памятникал лъезеги гьесул цӏарал къватӏазегун нухазе, росабазе, школазе кьезеги. Гьес хъулухъ тун яги дунялалдаса ун 10-20 сон базегӏан чӏолила гьел, гьелдаса хадуб гьев чиясдехун халкъалъул бугеб унго-унгояб пикру лъазе. Гьеб жо ракӏалде бачӏана 6 августалда социалиял гьиназда Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасул хӏакъалъулъ нилъер миллатцояз, гӏадатиял ракьцояз тарал хъвай-хъвагӏаял рихьидал. Мухӏу Гӏалиев гьавураб къо ккола гьеб. Гьел хъвай-хъвагӏаяздасан халлъулеб букӏана президентлъиялдаса нахъе ун 14 сон баниги, гьесдехун гӏадамазулъ жеги-жеги хутӏун бугеб хинлъиги чӏалгӏенги.\nГӏумруялда жанир Мухӏу Гӏалиевасе щварал медал-киласазулги хъулухъазулги сияхӏги кьун, нужее гьаб макъала чӏамучӏ гьабиялъе щибниги хӏажалъиги бихьулеб гьечӏо. Гьеб жо гьесие жиндиегоги рекӏее гӏеларин ккола. Абила гӏицӏго, кӏудияб политикаялде гьесул нух байбихьана ДГУялъул филологияб факультеталдаса хадуб Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквари школалъул завучлъун, цинги директорлъун хӏалтӏиялдасан.\nБокьун буго гьаб макъалаялда Мухӏу Гӏалиевасул хӏакъалъулъ цогидал чагӏазул бераздалъун, ракӏалдещвеяздалъун бицине. Гьезие рагӏи кьелалде цин дидаго гьев кин лъалевалиги рехселин.\nЦӏалиги лъугӏун, гьанжего-гьанже газеталде хӏалтӏизе ячӏарал сонал рукӏана гьел. Бетӏерав редакторасул заместитель Хӏажи Гӏариповас гьикъана Мухӏу Гӏалиевгун цадахъ вертолёталдаги рекӏун, Харахьие избирателазулгун дандчӏваялде ине бокьилебищилан. Доб мехалда Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдасан вищун вукӏана гьев Халкъияб Собраниялде. Республикаялъул парламенталъул спикерасул сапаралъул хӏакъалъулъ хъвалеб даражаялде яхун йигодай дунилан, цо рахъалъ хӏинкъиги рещтӏана рекӏелъ. Цогидаб рахъалъ, редакциялда жаниб кьварарав абун цӏар арав Гӏариповас гьединаб жавабияб иш тӏадкъаялъ, дида куркьбалги гъуна.\nПалхӏасил, ана дун. Мухӏу Гӏалиевас Харахьире рачун рукӏана министрзабазулниги, Халкъияб Собраниялъул комитетазулниги, Агентствабазулниги нухмалъулезул кӏудияб къокъа (вертолёт цӏурал хӏакимзаби). Клуб цӏун букӏана Харахьи участокалда гъорлъе унеб чанго росабалъа гӏадамазул. Гьезул рес букӏана моцӏаз Махӏачхъалаялде хьваданиги рихьуларел хӏакимзабазул бокьарасе бал битӏун бокьараб суал кьезе. Гьедин кьолебги букӏана гьез. Батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби гьезда гьоркьор рукӏаниги, живго Мухӏу Гӏалиев ракьцоязда кӏалъалев вукӏана бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалъ. Политикаялъулги, экономикаялъулги, росдал магӏишаталъулги хӏакъалъулъ кьолел гьезул суалазе жаваб гъорлъ цониги гӏурус рагӏиги гьечӏого кьолеб букӏиналда бахиллъун, гӏажаиблъун ракьцоялги рукӏана. Гьеб букӏана халкъалъулгун ракӏрагьараб, унго-унгояб гара-чӏвари.\nХадуй, информациялъул отделалъул редакторлъун яхъиндалги, дун гӏезегӏан щолаан Халкъияб Собраниялъул сессиязде, форумазде, данделъабазде. Гӏолохъанлъиялъги батилаха, гьенисан хъварал макъалабазда цӏакъго бадиб тункулеб куцалда бутӏрул лъолейинги йикӏунаан дун. Масала, «Уладиев намуслъаниги, депутатаз закон къабул гьабуна» ян хъван букӏана гьезул цоялда. Жамгӏияв хӏаракатчи Сулайман Уладиевас кутакал бадирчӏваял гьарулел рукӏана депутатазе цо проект сабаблъун, депутат хӏисабалда жив намуслъулев вугила пуланаб закон къабул гьабизе абун. Гьеб мехалда бетӏерав редакторас бицана Мухӏу Гӏалиев кӏалъанила жиндихъе Зульфия жеги гӏолохъанай журналисткалъидалинха, гьелда гьабсагӏаталда бичӏчӏулеб гьечӏин парламенталда букӏунеб ахӏвал-хӏалги законазул проектазул магӏнаги. Гьединлъидал жинда ракӏалде кканин гьей гӏадал гӏолохъанал журналистазе хасал мастер-классал гӏадал жал ургъизе. Бихьулищ чиясул хӏакъикъат — кӏудияб хъулухъалда вукӏиналъ ихтияр жиндихъ бугилан ццидаххине, ахӏдезе, мекъдаризе лъугьинчӏого, берцинго бицун бичӏчӏизабулеб къагӏида. Хӏакимчи гуревги, философги кколелъулха гьев. Церегӏан соназда «Согласие» абураб тӏехьалъул презентациялда гьес дие сайгъат гьабураб тӏохьода буго гьадинаб автограф: «Желаю тебе жить в согласии с собой и с внешним миром». Гьелъулъги буго кӏудияб магӏна.\nПалхӏасил, жеги гӏемер ругоан Мухӏу Гӏалиевасда хурхарал мисалал. Амма гӏенеккилин цогидазухъги.\nЖурналистка Альбина Сункулиева — Дагъистаналъул телевидениялдасан аслияб куцалда гьелъ бихьизабулаан президент Мухӏу Гӏалиевасул хӏалтӏи.\n— Гӏумруялда жаниб гӏезегӏан хӏалбихьи щвана дие Мухӏу Гьиматович сабаблъун. Гьединлъидал дица гьев рикӏкӏуна дирго мугӏалимлъун. Гьевгун цадахъ хӏалтӏарал сонал рукӏана кутакалда пайдаял, рекӏее хинаб асар гьабулел сонал. Политика, тарих, дипломатия — бокьараб рахъ босаниги, гъваридаб лъаялъул чи вуго гьев. Дида гьеб бихьана къватӏиса улкабазде щвезегӏангицин гьевгун цадахъ гьарурал хӏалтӏулал сапараздасан. Дозул президенталги Европарламенталъул вакилзабиги гьесухъ гӏенеккулаан кӏудияб хӏурматгун. Гьесухъа бажарулаан дунялалъул даражаялда къотӏи-къаял гьаризегицин. Дагъистаналъулги Россиялъулги мурадал цӏакъ цӏунулаан гьес. Лъиениги вокьизе къваригӏун, ххвелал гьарулеб гӏадатги гьечӏо гьесул.\nЩибаб сапаралдаса, данделъиялдаса хадуб интервью босулелъул, гьес бицанщинаб жо киндай къватӏибе кьезе бажарилаян, гӏащикъго йикӏунаан дун гьесухъги гӏенеккун.\nЦо нухалда хӏукуматалъул данделъиялда бицен ккана Махӏачхъала шагьаралда — сундулали кӏочана — хӏатталдаса араб хӏал лъугьун букӏиналъул хӏакъалъулъ. Иш гьелде ккезе щай биччарабилан гьикъана дица мэрасул заместителасда. Амма гьесда кӏвечӏо чӏванкъотӏун жаваб кьезе. Гьанисан чӏван, добасан чӏван, цо жал рицана. Хадусеб къоялъги букӏана хӏукуматалда гьевго заместительги гӏахьаллъараб данделъи. Гьанжесала Мухӏу Гьиматовичас кьуна гьесие добго суал — гьеб ахӏвал-хӏал рукӏалиде бачӏунгутӏиялъе гӏайибиял щивилан. Альбина Сункулиевайилан жаваб кьуна дов заместителас. Киналго риххизаруна гьеб жавабалъ. Гьеб мехалда Мухӏу Гьиматовичас гьабуна гьев хӏакимчиясе кӏудияб бадибчӏвай — журналисталде гьединаб жо абизе ккананийилан. Журналистал сабаблъун лъалила нилъеда битӏарабги тӏекъабги. Хъахӏалде хъахӏаб, чӏегӏералде чӏегӏераб абун, килищ тункун гьеб кинабгоги бихьизабун, гьез тӏамулила нилъ битӏун хӏалтӏизе. Мухӏул заманаялъ журналистал рукӏана цо хасаб кастаялъул чагӏи гӏадин, кӏудияб къиматалда. Ниж кирего цадахъ, цо къокъа гӏадин рукӏунаан. Журналистазе кутакалда вокьулаан Мухӏу Гьиматович. Ниж ракӏ-ракӏалъ божулаан гьесда.\nЦӏалул къимат гьабулеб хъизаналда гӏурай йикӏаниги, гьесдасан ругьунлъана дун цӏалдезе. Щайин абуни, лъай бугев чиясухъ букӏуна къуватги.\nЦо нухалъ Мухӏу Гьиматовичас дида гьикъана эбел-эмен кир хӏалтӏулел ругелан. Эбел учительница йигин бициндал, гьес абуна гӏицӏго гьеб бугин гӏумруялда жаниб мун чӏухӏизе бегьулеб аслияб жо. Доб мехалда гьел рагӏабаз гьабураб асар жеги-жеги хутӏун буго дилъ.\nЦогидаб жоялъул бицинчӏониги, цадахъ хъаравулзабиги гьечӏого гьев живго, эркенго шагьаралда хьвадулев вукӏиналдасанги бичӏчӏулароанищ кинабго!\nМухӏамад Бисавгӏалиев — Авартеатралъул директор:\n— Пикруги роцӏцӏарав, гъваридав, гӏадатияв, магӏнаяв чи вуго гъов. Кутакав интеллигентги вуго. Бихьулеб буго гьесие щулияб гуманитарияб лъай щун букӏин. Адабияталда, маданияталда гъорлъ вугев чи вукӏиналъ дие асар гьабуна гьесда гьеб рахъги цӏакъ гъваридго бичӏчӏулеб батиялъ.\nЦеве кӏанцӏун, жиндирго лъай бихьизабизеян лъугьунаро гьев. Амма тӏубанго гӏамал кӏодолъи гьечӏев чиги гуро гъов. Жиндирго къимат гьабизе лъала гъосда, амма гьес гьеб къватӏибе загьир гьабуларо.\nЧи веццизеги гӏедегӏулароха гьев. Гьединлъидал, кигӏан нахъекъан вукӏаниги, дирго «Балъгояб даптар» абураб тӏехь сайгъат гьабуна дица Мухӏуе. Гьелдаса хадув Гӏурус театралда Расул Хӏамзатовасул юбилеялда вихьидал, кверги бачун, баркала кьуна гьес, жиндие гьелъ кӏудияб асар гьабуниланги абуна. Цинги дицаги махсара гьабуна философиял гӏелмабазул докторас гьеб рецц рецензиялдалъун загьир гьабизе ккелилан. Заманго иналде жиндирго шофёр витӏун вачӏана босун рецензиягун ва автограф лъураб жиндирго тӏехьгун. Гьеб рецензияги хъван буго гъваридго, добе-анибе цӏацӏазабичӏого, гӏададисеб рецц гьабичӏого, гӏужда щоледухъ. Живго филолог вукӏаниги, тӏадмагӏарухъ гьединаб рукӏа-рахъинги гӏадаталги рукӏин лъалароанин, дуца гьеб махщалида бихьизабунги бугин абуна гьес. Гьелдасан бихьула чиясул жавабчилъиги гӏадамаздехун бугеб адабги. Хъвалин рагӏи кьун букӏиндал гъос дие гъоб рецензия.\nБатӏи-батӏиял президентазда, нухмалъулезда сверухъ чанги жал рицуна гӏадамаз — лъалебги, лъаларебги, гьабурабги, гьабичӏебги. Гьедин гӏадамаз гӏемер бицунеб цо суалалда тӏасан, гьеб унголъунги дуца гьедин гьабураб жойищилан гьикъана дица Мухӏуда. Гьесие рецц гьабун бицунеб жо букӏана гьеб. Гурин, гьеб тӏубанго гьединги букӏинчӏилан жиндаго тӏасан хъущтӏизабизе хӏалал рихьулел рукӏана гьес. Масала, гьагъаб дица телеграммалда хъвараб жо — Мухӏуца инкар гьабун бугила Москваялда кьолеб хъулухъалдасаги орденалдасаги. Дуца гьелдаса инкар гьабунищин гьикъидал, гьабичӏила, орден жиндихъ бугилан бицана гьес. Амма цодагьавниги тӏадагьав чияс абилаан гьабунилан, дозда ццим бахъун жинца гьеб босичӏилан. Гьес бицана орденалги хъулухъалги гьел къваригӏарал чагӏазе кьейилан тун рукӏанила жинца, амма дихъе гьеб щун букӏинчӏебани, шапакъатал кьолеб отделалъул хӏалтӏухъаналде гӏайиб щвезехъин букӏун, босизе кканилан бицана Мухӏуца (официалияб куцалда гуреб, гьей жийго рокъоеги ячӏун кьун буго гьесухъе гьеб орден).\nСпикерлъунги президентлъунги вугеб мехалда, гьединго гьелда цебехун заманаялъги, живго гьавураб къоялъ баркизе рачӏунел гӏадамаздаса живго цӏунизе абун, санаториязде ун щиб, росулъе ун щиб, рокъов чӏолев вукӏун гьечӏо гьев. Республикаялъул цо нухмалъулес хасаб буюрухъгицин кьун букӏана Мухӏу Гӏалиевасул 80 сон тӏубай кӏодо гьабизеян. Амма, талихӏ кьегийин, гьеб гьир жинда тӏаса босеянги абун, росулъеги ун чӏун ватун вуго гьев. Гьеб ккола гӏадатлъиялъулги гӏакъиллъиялъулги кӏудияб гӏаламат.\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "sajidmuhiammad-dihe-kidanigi-kvatiichio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=sajidmuhiammad-dihe-kidanigi-kvatiichio", "title": "«Сайидмухӏаммад дихъе киданиги кватӏичӏо»", "date": "2024-08-21 20:33:25", "categories": ["insan"], "text": "Кӏиго шагьидасул эмен Хасмухӏамадида аскӏоб тӏамураб бащдаб сагӏат\nДагъистаналъул муфтий, рахӏимугьуллагь Сайидмухӏаммад-хӏажи Абубакаровасул биография гьаниб такрар гьабиялъул магӏна бихьуларо.\nСайидмухӏаммадил гӏумруги, ишалги, гьесул хӏаракатги киналго миллатцоязда, дагъистаниязда республика бахун къватӏибехун бихьана, лъана ва гьелъ хӏайран гьавичӏев чиги хутӏун ватиларо нилъеда гьоркьов. Республикаялъул муфтилъун вищун араб кӏиго соналда жаниб кӏинусго соналъулгӏанасеб тарих нахъе тана гьев къанагӏатаб пагьмуялъул ва гьунаралъул инсанас. 21 августалда 23 лъагӏел сверула, исламалъул тушбабаз вахӏшияб къорги гъун, гьаб ракьалдаса гьев аралдаса. Гьесда цадахъ шагьидлъана вац Ахӏмадги, Хунзахъ районалъул Харахьиса гьесул шофёр Хӏайдар Гӏумархӏажиевги. Гьеб къо тарихалде ана бищунго вахӏшияб такъсир гьабураб къолъун. Бусурбабазул тарихалда гьединаб ракӏгъанцӏараб иш гьабун букӏинчӏо жеги.\nКинав инсан вукӏарав Сайидмухӏаммад-хӏажи? Гьелъул жакъа нужее бицина гьесул гӏагарлъиялъ, гьудул-гьалмагъзабаз ва росуцояз.\n1998 соналъул августалда циндаго кӏиявго васасдаса ватӏалъана Хасмухӏамад-хӏажи Абубакаров. Гьев лъаларев, гьев рагӏичӏев чи Да-\nгъистаналда ватизе захӏмат буго. Дин гьукъарал соназдаги гӏемерал гӏалимз абазда ва тӏарикъаталъул устарзабазда аскӏов гӏодов чӏарав, исламалъул нухда берцинго гӏумру тӏамурав, хӏикматав инсан вуго гьев. Исана гьес бала 91 сон.\nМахӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъув дандчӏвана дун. Битӏараб бицани, васасул хӏакъалъулъ бицинарищан гьесда абизе намуслъун, ине кӏоларого вукӏана, ахирги ракӏалъ таваккал тӏамуна.\nКакичуриги цӏигьабун вачӏунев Хасмухӏамадида, киндай дирго мурад бичӏчӏизабилаян, аскӏове вилълъана дун. Саламги кьун, дирго мурад загьир гьабидал, цевего лъалев чиясдехун гӏадин, ракӏрагьун бицана васасул лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ:\n— Берикеялда рукӏана ниж тӏоцере гӏумру гьабун. Дунги гьенив психоневрологиялъул больницаялда хӏалтӏулев вукӏана. Больницаялдаги школалдаги гьоркьоб букӏана бухӏараб лъимги бачӏунеб, гӏадамал сах гьаризе хьвадулеб цо ицц. Нижги аскӏор гьечӏого гьитӏинав чи гьениве вортилин хӏинкъун, дирго ургъел къотӏун букӏине, кӏиго соналъ гьесдаса кӏудияй яц Хадижатида цадахъ школалде витӏулаан Сайидмухӏаммад. Хадижатни школалде ине гӏурай яс йикӏана, Сайидмухӏаммадил щуго сонцин жеги гургинлъун букӏинчӏо. Амма гьедин гьитӏинго вукӏаниги, гьелдасаги лъикӏ бицун буго гьес классалда учительзабаз малъулеб букӏараб программа. Директорасдаса байбихьун киналго хӏикмалъун хутӏун руго гьесул пагьмуялда. Хадур ниж Альбурикенталде гочиндал, гьенив ана гьев школалде.\nБитӏараб бицани, дида ккун букӏана, щуго сон гурони гьечӏелъул, нахъчӏвалин Сайидмухӏаммад школалъул нухмалъиялъилан. Доб мехалъ закон букӏиндалха анкьго сон бачӏого школалде рачунареб. Амма дун гӏажаиблъизавуна гьадинав вас жидехъе цӏализе ккеялдаса жал цӏакъ чӏухӏарал ва рохарал ругин абун гьез хъван бачӏарабго. Гьединав вукӏана Сайидмухӏаммад. Жеги 16 сон гургинлъичӏев чи ворчӏана гьев мединституталде цӏализеги.\nТӏоцебесеб экзамен кьезе арав гьесда институталъул жанахӏалъув дандеккун вуго ректор Мухӏамад Макъсудов. Гьесда кӏалъалаго кватӏун вуго аудиториялде. Гьебмехалъ комиссиялъул чагӏаз гьикъун буго «Абубакаров, почему опаздываешь?» йилан.\nГьасги виххичӏого абун буго:\n«Дядя задержал», — ан. Цинги комиссиялъул чагӏазда ккун буго Сайидмухӏаммад Макъсудовасул гӏагарав чи ватилилан. Ас дядяйин\nабиялъул магӏна букӏун буго, цӏикӏкӏарав чиги вугелъул, дацийилан, адабалда Макъсудовасдехун гьабулеб букӏараб калам. Ректор Мухӏамад Макъсудовас абуни цӏехон буго Сайидмухӏаммад лъил василан. Дир вукӏин лъайдал, гьенив хӏалтӏулевги вугев чи, вас цӏализе лъугьунев вукӏин бицине жинда аскӏове вачӏине чӏухӏарав къагӏидайилан, дида ццим бахъунги лъугьун вуго гьев.\n«Даже не соизволил зайти», — ян, гӏурус мацӏалъги абун, жанире лъугьунезул сияхӏалдаса Сайидмухӏаммадил цӏар нахъе хъвагӏазе къалам кодобе босун буго гьес. Амма битӏун гьесул цӏаралда тӏад мухъ цӏазехъин гьев вукӏаго: «Мухӏамад Мухӏамадович, гӏайиб гьабуге, чанго нухалъ вачӏун вукӏана гьев дур приемныялде, амма тӏаде вачӏине намуслъун ватила, нахъе ана», — ян бицун буго гьесда гьений хӏалтӏулей йикӏарай Гӏайшат Нурмухӏамадова абулей гӏаданалъ. Дида лъалаан гьей. Дудаго чӏужугӏаданалъул гуч бихьуларищ цо. Гьедин батани, телинха янги абун, цӏан гьечӏо ректорас Сайидмухӏаммадида тӏасан хӏучч. Доб мехалъ институталде лъугьунев чияс шпаргалка гьечӏого сочинение хъвай цӏакъ къанагӏатаб жо букӏана. Сайидмухӏаммадица гьеб хъвана сундулниги гьечӏого, жинцаго. Дир диссертацияги цӏалана гьес чанго нухалъ. ВАКалъ цӏикӏкӏун материал биччалеб гьечӏинги абун, гьеб къокъ гьабизе ккана. Гьеб гьабурав чивукӏана Сайидмухӏаммад.\nИнститутги гьес цӏакъ бигьаго, битӏахъе, векерун унев чияс гӏадин лъугӏизабуна. Лъиениги щибниги ришватги кьечӏо дица, я гьеб кьезе ракӏалдаги букӏинчӏо. Амма гьев гьениве ворчӏулеблъи лъалеб букӏана дида. Щайгурелъул Инхоса Кӏудияс (Гӏабдулхӏамид-афандияс) абун букӏиндалха гьесда дир инсуцаго цӏалараб гӏелму цӏализе ине вугин дунилан, ахӏун гьаракьги гьабун ине вугин мун институталдеян. Сайидмухӏаммад, битӏараб бицани, гьелдаса вохун вукӏинчӏо. Гьесие бокьун букӏана исламияб гӏелму цӏализе. Амма Инхоса Кӏудияс гьесда берцинго бичӏчӏизабуна хӏукуматалъул хӏалтӏуда вугев инсул васас кинаб цӏалидайин гьабизехъин бугеб, дур инсуда хадуб халкквей букӏунин, гьединлъидал цӏодорлъи гьабизе кколилан. Амма цӏализе лъикӏав вукӏанищилан гьикъани, валлагь вукӏанаха, цониги нухалъ гьесул цӏали кин бугебилан гьикъизе хадув вахъине ккечӏо дун. Ругъжаса Мухӏамад Хархаровги дунги рукӏана дол соназ цадахъ Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда хӏалтӏулел.\nЦо къоялъ гьев вуго вагъулев диде: «Гьададинаб, бергьараб пагьмуялъул вас стоматологлъун витӏичӏого, дагьабги гъваридаб махщалие ругьун гьавизе, цогидаб факультеталда щай дуца лъечӏев?» — абун.\nВахӏ, щиб ккарабилан гьикъана дица гьесда. «Патология легких» абураб лекция букӏун буго Мухӏамад Хархаровас Сайидмухӏаммадил курсалъе цӏалун. Гьес гӏадин гъваридго, камилаб куцалда жиндие гьеб дарс бицарав чи гьеб курсалда цониги ккечӏилан абуна Хархаровас. Гьединав вукӏана дир вас цӏализе. Ритӏухълъи цӏехолаго ана гьесул гӏумру.\n— Хасмухӏамад, дида рагӏун букӏана стоматологлъун хӏалтӏулаго цаби сах гьаризе гьес жинцаго ургъараб къагӏидацин букӏанилан.\n— Хӏакъикъаталдаги букӏараб жоха гьеб. Институталдаса хадув Горагорск шагьаралде букӏана гьесул направление. Гьеб цӏакъ гӏемерал руччаби ругеб шагьар кколиланги рагӏун, дунги гӏагарав чиги рилълъана Сайидмухӏаммадихъе, гьесул вукӏа-вахъин лъазабизе. Амма нижеда гьев ватана цӏакъ берцинго, кӏудияб къиматалда. Хӏатта, гьесда цебе щибниги мекъаб иш гьабизе нахъе къалел ругоан бетӏерав тохтурасдаса байбихьун, киналго тохтурзаби.\nЛъицаниги унтарасда аскӏоб ялъуни цогидаб бакӏалда ритӏухълъи гьечӏеб жо гьабулеб бихьани, хъващтӏан, кӏанцӏун вачӏунаанила, гьезда бадибчӏвазе. Горагорскиялдаса вачӏун стоматологлъун гӏемер мехалъ хӏалтӏизе хъван букӏун гьечӏо Сайидмухӏаммадие.\n1996 соналъ муфтиясул хъулухъалде лъугьана гьев. Цӏакъ захӏматал сонал рукӏана гьел исламалъе. Республикаялъул рухӏияб идараялъул нухмалъулевлъун вукӏарав лъарагӏ миллаталъул Хӏамзатовас цӏияв муфтий вищулеб данделъиялда абун буго дир васасда: «Дудаго бихьулеб бугоха, Сайидмухӏаммад, жакъа республикаялда диналда сверухъ бугеб хӏал. Хӏакимзабаздаги тӏалъиялъул чагӏаздаги кӏалъан бажарулев, пагьму гьунар бугев чи къваригӏун вуго жакъа рухӏияб идараялъе нухмалъи гьабизе». Ахиралда гьасие рагӏи кьурабго, чвахулаго магӏугун гьадин абун буго Сайидмухӏаммадица: «Гӏали-асхӏабасда, халифлъун вищидал, абун буго дуде щвезегӏан асхӏабзабазда гьоркьоб гьуинлъиги букӏанин, вацлъиги букӏанин, мун вачӏарабго рагъалги гӏемерлъанин, питна-хӏурги цӏикӏкӏанилан. Гьебмехалъ Гӏали-асхӏабас жаваб кьун буго: «Доб мехалъ аварагасда хадур дунги дир зульфукъарги букӏана (аварагасул хвалченалда цӏар), гьанже дида хадур нуж гурони гьечӏо», — ян.\nГьелъул магӏна букӏана дида хадур божи гьечӏел гӏадамал ругилан абураб. Гьелъухъего, жакъа муфтилъун дунги тасдикъ гьавун, нужерго магӏишат понцӏозабизе, хайир кисадай щвелаян пикрабазде нужги руссине руго, дунго цохӏо дунги хутӏизе вуго».\nГьедин ккезеги ккаралъул эб. Живго цохӏо Сайидмухӏаммадги хутӏана, кепказда хадур хутӏаралги ана. Цо гӏадамас гьабичӏелъул гьесие кумек. Киназдаго ракӏалда батила Шамил имамасе памятник лъеялда сверухъ букӏараб бахӏс. Гьеб суал гьоркьоб лъураб тӏоцебесеб данде лъиялда цохӏо лъарагӏав Хӏамзатовас гурони, тӏокӏав чияс кквечӏелъул Сайидмухӏаммадил рахъ. Суракъатгицин дандечӏун вукӏана. Данделъи лъугӏун, къватӏире щварабго мунагьал чураяв Хӏажагӏали Данияловас абун буго гьесда, тӏагъурги бахъун, я, дир вас, Сайидмухӏаммад, гьаб дир бахъараб тӏагъуралъе гӏолониги нижеда тӏад рекъезе бегьуларищ мунилан. Гьебмехалъ гьес кьураб жаваб рагӏизе цо нужедаго.\nГьимизеги гьимун, Сайидмухӏаммадица абун буго:\n«Я, дир гьудул Хӏажагӏали. Лъайги бугев, гьунарги бугев чи вуго мун. Нижер рокъоб дурги мунагьал чураяв дур вацасулги кидаго адаб гьабулаан. Амма ислам Дагъистаналде бачӏаралдаса 14 гӏасру сверулеб буго. Дуца абулеб буго «дир бахъараб тӏагъуралъе, бегьараб квералъе гӏолойилан». Дуда кин кколеб, 14 гӏасруялъ исламалъ хӏарам гьабун букӏараб жоялъе жакъа дур квералъе, бахъараб тӏагъуралъе гӏоло дица бегьилин, изну кьуни, мунго нечеларищ хадув, метерисеб къоялъ Аллагьасда цебе гьелъухъ дица жаваб кьезе ккарабго», абун.\nДудаго цо жавабалъул камиллъи бихьизе… дунго гьединаб жаваб кьезе хадув гъелароан. Муфтиясул хъулухъалда вукӏаго, гьединаб камилаб, кьварараб, дандияв нечезавураб букӏана гьесул кьолеб жавабги, гьабулеб кӏалъайги. Гӏемерав чи кӏалдиве валагьизавуна гьес.\nВекерулаго ана дур щибаб секунда\n— Рокъов, хъизан-лъималгун кинав чи вукӏарав Сайидмухӏаммад? Гьелгун цадахъ вукӏине щолаанищ гьесие?\n— Эркенаб заманго хутӏулеб букӏинчӏо гьесие. Сордо-къоялъ хӏалтӏулев, щибниги хъвалев, даим сапаразда, дандчӏваязда кӏиго соналда жаниб лъалхъараб заманго букӏинчӏо гьесул. Кинабго гьабун рагӏалде бахъинабизелъун, исламалъул нухда хӏалтӏулев, чӏараб секунд букӏинчӏин абизе бегьула Сайидмухӏаммадил. Сундаго жанив ракӏ хӏалакун вукӏунаан. Сабру гьабе, дир вас, циндаго кинабго рагӏалде бахъунарин, гьедин бегьуларин дица абидал, гьелдаги разилъулаан. Амма ракӏ гъодинго хӏалакун букӏунаан гьесул. Цо къоялъ рокъове вачӏарав чияс, жанахӏалъувги эхетун, абулеб рагӏана жиндаго: «Вай Аллагь, вай Аллагь, кӏодолъанагӏан кьолеб жо букӏунеб батила аб сабруги, диени гьеб жеги щолеб гьечӏин. Дуца лъикӏаб хъван батагиха, Аллагь», — абун.\nЩибниги жо гьикъизе, гӏакълу дандбазе вачӏиналде, цин дир нуцӏил кӏалтӏа лъалхъунаан гьев, хадув, намусго гӏадин, вачӏунаан жаниве. Бицунаан жиндирго мурад. Гьединав вукӏана дир Сайидмухӏаммад. Умумуз лъимал реццизе рекъонги букӏинаро, амма дир васасулъ Аллагьас лъураб тӏабигӏат берцинаб, иман бугеб букӏана. Камилаб куцалъ махражалъ Къуръан цӏализеги гьунар кьун букӏана гьесие Аллагьас. Къуръан цӏалулеб гьесул гьаракьалъ дунгоцин пана гьавулаан. Жеги киданиги дица гьев лъимер вукӏаго рокъове ахӏизе ккечӏо, къваригӏел гьечӏеб жо гьабулев ватун, вагъизе ккечӏо. Гьесда жиндаго бичӏчӏун батулаан инсуе жив къваригӏун вугеб мех. Векерун вачӏунаан дихъе. Гьедин, векерун унев чиясул гӏадин, ахиралде щвана ракьалда гьесул гӏумруги….\nГьеб бакӏалде щвараб нижер гара-чӏвари гьоркьоб къотӏизабуна Махӏачхъалаялъул Аслияб мажгиталда ахӏулеб маркӏачӏул какалъ. Хасмухӏамадица бицаралъул хӏисаб гьабулев дунги, цохӏо будунасул гурони гьаракь рагӏулареб сихӏкъотӏиги бижана сверухъ.\n«Мун, щиб къваригӏаниги, дида аскӏове вачӏа, нечечӏого, дида жо гьикъизе мун намуслъизе кколаро», — янги абун, какие къаммат гьабулелъул, вахъун ана гьев баракатав инсан. Къиямасеб къоялъ дур васазул шафагӏатлъиялъул цо бутӏа диеги камун хутӏугегиян щурулеб букӏана дир кӏутӏбуз, маркӏачӏул как базе гӏедегӏун унев Хасмухӏамадида хадувги валагьун …\nАшахан ЮСУПОВ. авторасул сурат\n2021 сон"}
{"slug": "zemskij-tohtur-programma-hialtiigi-giaraczgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=zemskij-tohtur-programma-hialtiigi-giaraczgi", "title": "Хӏалтӏиги гӏарацги", "date": "2024-09-09 19:25:48", "categories": ["med"], "text": "Россиялда «Земский тохтур» программа хӏалтӏизе байбихьана 2012 соналдаса нахъе. Росабалъе хӏалтӏизе арал тохтурзабазе миллион гъурущ, фельдшеразе -500 азарго гъурущ кьола хӏукуматалъ. Рорхатал мугӏрузул росабалъе аразе, бакӏалъухъ балагьун 1,5 миллион ва фельдшеразе 750 азарго гъурущги буго бихьизабун.\nАза-азар медицинаялъул хӏалтӏухъан ана гьедин рикӏкӏадал районаздегун, росабалъе хӏалтӏизе.\nЖакъа къоялде «Земский тохтур» программаялда рекъон нилъер республикаялда 66 специалист хӏалтӏулев вуго. Гьезда гьоркьоса 53 — тохтур ва 13- медицинаялъул гьоркьохъев хӏалтӏухъан.\nДагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ гьабсагӏатги къабул гьарулел руго росабалъе (росу, шагьар, поселок букӏа 50 азарго чи гӏечӏеб бакӏ букӏине ккола гьеб) хӏалтӏизе ине бокьарал ва гьезул сияхӏалда 182 специалистасе бихьизабураб бакӏ буго .\nГӏарцулаб кумек букӏин гуребги, гьеб программаялъул лъикӏаб рахъ буго ригьалъул гӏорхъичӏвай гьечӏолъиги. Нилъеда лъала, хӏалтӏи балагьулаго тӏоцебе сонал ва хӏалтӏизе бугеб бажари цӏехолеблъи.\n2022 соналдаса нахъе гӏарцулаб кумек щвезе ккани, росбалъе гочинецин кколел гьечӏо. Цӏализе шагьаралде арал гӏолилал жидерго росулъе хӏалтӏизе тӏадруссаниги гӏолин хъвалеб буго социалия гьиназда. Гьеб рохизе ккараб хӏужаги буго, росбалъ хӏалтӏизе бакӏалги ругони, лъикӏал шартӏалги ругони, гӏадамаз жидерго рукъги ракьги рехун теларо.\nШагьаралдаса — Цӏунтӏе\n«Земский тохтур» пачалихъияб программаялда рекъон, чанги тохтур ва медицинаялъул гьоркьохъев хӏалтӏухъан вуго магӏарул росабалъ хӏалтӏулев. Гьединазул цояй ккола Цӏунтӏа районалъул Кидеро централияб больницаялда бетӏерай тохтуралъул заместитель ва акушер-гинеколог Хадижат Гӏалихазумова.\nХадижат гьаюна Болъихъ районалъул Гъодобери росулъ. Къисматалъ гьей ячана Лъаратӏа районалде, гьение росасе ана.\n16 соналъ хӏалтӏана Хадижат Лъаратӏа районалъул централияб больницаялда батӏи-батӏиял хъулухъазда. 2007 соналдаса 2019 соналде щвезегӏан нухмалъи гьабуна Лъаратӏа районалъул родильнияб отделениялъе ва цадахъго хӏалтӏана акушер-гинекологлъун.\nГьелъ лъугӏизабуна Волгоградалъул медицинаялъул универститет. Гьенибго лъугӏизабуна акушерствоялъул ва гинекологиялъул ординатураги.\nЛъагӏелгӏан заман буго Хадижат шагьаралдаса рикӏкӏадаб Цӏунтӏа районалде хӏалтӏизе аралдаса. Жийго магӏарухъе иналъул, гьенир ругел шартӏазул, хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана нижее Хадижатица:\n— Цееккун дун хӏалтӏулей йикӏана Лъаратӏа районалъул централияб больницаялда родильнияб отделениялъул нухмалъулейлъун. Кӏиго соналъ цее гочана Махӏачхъала шагьаралде ва «Акрополь» клиникаялда хӏалтӏулей йикӏана акушер-гинекологлъун ва узи гьабулей тохтурлъун. Араб соналда дир лъай-хъвай ккана Цӏунтӏа районалъул централияб больницаялъул бетӏерай тохтур Мадинат Рамазановнаялъулгун. Гьелъ гьесизаюна дун «Земский тохтур» программаялда рекъон хӏалтӏизе Цӏунтӏа районалде гочине. Гьедин араб соналдаса нахъе дун Цӏунтӏа районалда хӏалтӏулей йиго узи-тохтурлъун ва больницаялъул бетӏерай тохтуралъул сах гьариялъул рахъалъ заместительлъун.\n-Районалъул гӏадамаз, коллективалъ кин мун къабул гьаюрай?\n— Гӏадамазул лъикӏлъи бихьани, гьаниса нахъего ине бокьиларо. Коллективги буго цӏакъ лъикӏаб, жидерго хӏалтӏиги лъалел, гьудуллъиялъулаб бербалагьиги бугеб. Дидаги гьез берцинаб дандчӏвай гьабуна. Коллективалда гӏемерисел руго республика бахун къватӏир цӏаларал, хӏалтӏарал, хӏалбихьи бугел специалистал. Жидерго ватӏаналде тӏадруссун, гьенир хӏалтӏулел руго гьел.\n-Хӏалтӏуда шартӏал ругищ? Жаний чӏезе рукъ-бакӏ кьунищ?\n-Хӏалтӏуда шартӏал квешал гьечӏо, кинабго лъикӏ буго. Рукъалъул суал дагьаб захӏматго тӏубанин абизе бегьула. Больницаялда аскӏоса гӏебеде рукъ букӏана дие бихьизабун. Гьенир шартӏал рукӏинчӏо, гьединлъидал дица рикӏкӏад бугониги, Гьигьалъ росулъ батана данде ккараб бакӏ, рукъ гьениб ккуна. Радал-бакъанида, гӏемерисеб мехалда йилълъун уна Гьигьалъ росулъа Кидерое хӏалтӏуде. Лъабго километралъул манзил буго кӏиябго росадада гьоркьоб. Дицаго гӏарацго кьола рукъалъухъ, кьуниги гьенир дие данде кколел шартӏал руго.\n— Хадижат, харжалъул рахъ босани, шагьаралдайищ цӏикӏкӏун щолеб букӏараб, гьенибищ щолеб?\n— Путиница тӏаде биччараб гӏарацги рикӏкӏун, харж гьаниб цӏикӏкӏун щола.\n— «Земский тохтур» программаялда рекъон кигӏан гӏарац кьураб ва заманалда щванищ гьеб?\n— Хӏалтӏизе лъугьун, къотӏи-къай хъван кӏиго-лъабго анкь иналде гӏарац бачӏана. Мугӏрузул борхалъуда букӏиналъул рахъги хӏисабалде босун, миллионгун бащдаб щвана дие.\n— Ракӏ бухӏанищ гьение хӏалтӏизе иналдаса?\n—Гьеб буго дагьаб захӏматаб суал. Ракӏги бухӏичӏо, амма лъималаздаса дагьай рикӏкӏад йикӏиналъ рекӏее рахӏат букӏунаро.\nКӏиго вас ва щуго сон барай яс йиго дир. Кӏудияв вас цӏалулев вуго Политехникияб университеталда, гьитӏинав вас цӏалулев вуго 11 классалда. Гьел руго шагьаралда. Дица цадахъ ячун йикӏана яс, гьание ясли-ахалде йитӏилин абун. Амма гьеб суал дагьаб захӏмалъана нижее. Яслиялда бакӏги щвечӏого, щибаб къоялъ хӏалтӏуде нахъе цадахъ ячине ккана дица гьей.\nГьелъиеги диеги бигьаго букӏинчӏо гьедин хьвадизе.\n-Отпускалъ ине бегьулищ? Хъизан-лъималазухъе ине, гьел рихьизе рес щолищ?\n— Отпускалъги ине бегьула. Шагьаралда тохтурзабазул семинарал, нижее рихьизарурал данделъаби ругони, гьениеги уна. Больницаялъул нухмалъи бичӏчӏи бугеб, кумекалъе ратулел руго.\n— Къоялъ чан чи вачӏунев духъе хал гьабизе?\n— Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун чи вукӏуна щибаб къоялъ.\n-Щуго сон ун хадуб, гьенийго хӏалтӏизе чӏайин абуни, бокьилаанищ чӏезе.\n— Бокьиларин ккола. Хадуб щиб ккелеб лъаларо.\n— Мунго гӏадин гьаб программаялда рекъон хӏалтӏизе инин ккаразда щиб дуца абилеб? Унищ лъикӏ хӏалтӏизе, инчӏогойищ?\n— Дида ккола хӏалтӏизе бокьарав чиясе лъикӏаб, санагӏат программа бугин гьаб. Заманги гӏезегӏан хехго унеб буго, гьединлъидал бегьулареб хӏалтӏи гуро гьаб.\nПатӏимат Мухӏамаева"}
{"slug": "ahirisel-sajgatal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ahirisel-sajgatal", "title": "Ахирисел сайгъатал", "date": "2024-12-17 15:59:59", "categories": ["k-ismatal-ul-kag-tal"], "text": "Проект «Солдатасул эбел»\n«Хӏакъикъат» газеталъул «Солдатасул эбел» абураб проекталда рекъон, гьаб нухалда сапар бухьана СВОялъул тӏоцевесев Бахӏарчи, тумав Хӏажимухӏамад Нурмухӏамадовасул эбел Сапижат Мазаевалъухъе.\nЧӏужугӏадан-эбел\nЧӏужугӏадан. Эбел. Гьеб кӏиябго рагӏиялъулъ бугебщинаб къуват. Чӏужугӏадан-эбел. Гьей ккола, ракьалда гӏумру тӏегьан чӏезе, гьелда гъоркь чӏвараб хӏубилъунги, инсанасулъ гӏамал-хасият лъадарулеб къебелъухъ къебедлъунги, лъимер беэдулеб гъасда бакараб гучго гьелегьараб цӏалъунги, гьелъул къисматалда кунчӏараб жавгьарлъунги. Эбелалъул рекӏел гъварилъуда гурищ бахчун букӏунеб лъимералде бугеб рокьиги гьелдаса чӏухӏиялъул гӏаламатги. Букъараб зар гӏанасеб эбелалъул рекӏел гъварилъудасан гурищ бецӏцӏун бачӏунеб лъимадухъ тӏолеб бухӏараб магӏу. Гьеб магӏуялъ даим лъалъалеб букӏунеб батила лъимадул талихӏ. Ва гьенисан баккун бачӏуна гӏажаибаб тӏегь — эбелалъул рекӏел тӏегь. Щибаб лъимер рикӏкӏун. Эбелалъул магӏуялъ кьола гьезиеги гӏумру, гьелъ гьел недегьго реэдула. Чӏужугӏадан-эбелалъул бадиса бурун бачӏунеб рохалил магӏуялда цадахъго къватӏибе гьурщун бачӏунеб гьел тӏугьдузул берцинлъиялъ къалъ-къалъизабун букӏуна эбелалъул гӏумру. Гьеб ккола лъималаз эбелалъул талихӏалда чӏвалеб мугьрулъун.\nАмма гӏумруялъулги рукӏунел руго жиндирго законал. Ва эбелалъул магӏуялъ хисула жиндирго кьерал. Цойидасан гьеб гьалаглъула, угьдула, лъарал-гӏоразул карачелабазул хехлъиялда бачӏунеб гьеб лъалхъула рекӏел гъварилъуда берккелеб хӏалалда тӏегьан бугеб тӏегьалда аскӏоб. Ва цинги байбихьула эбелалъул къисматалъул пашманаб къиса.\nГьеб пашманлъи бахчизе ва балъголъаби цӏунулеб гъансил тӏиналде гьеб къиса битӏизеги къуват гӏола гьей хӏикматай хӏурулгӏиналъул – чӏужугӏадан-эбелалъул.\nБуго гьединаб къиса Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей гӏадатияй учитель Сапижат Мазаевалъулги. Гьелъги толеб буго жиндирго къиса Дагъистаналъул бахӏарчияб тарихалъул тӏехьалда. Васасе жинцаго кьураб кьварараб тарбиялъ хъвараб ва бухӏараб магӏуялъ лъалъараб. Гьеб къисаялда цӏарги буго…\nЭбелалъул рекӏел кӏиго тӏегь\nТалихӏалде данде унейго уней йикӏана Сапижат. Хӏикматаб берцинлъиялъул гӏолилай йикӏана гьей. Рукӏана гьелъулги анищал, цохӏо талихӏалда гурони рицунарел. Талихӏалъги къотӏи гьабун букӏана гӏолилалъе гьелъул анищал лъиего гьурщунгутӏизе.\nВа гьале рещтӏана Сапижатил гъасда талихӏ — гьелъул рекӏелъ тӏирщана хӏикматаб тӏегь. Рохалил магӏуялъ гьебги лъалъалаго, гӏолохъанай эбелалъ гьелде ахӏана Нурмухӏамадилан абун. Цо дагьалъги лъалхъун, къисматалъ гьелъие сайгъат гьабуна цоги тӏегь. Ва гьелдеги Сапижатица ахӏана Гӏабдуллагьилан абун.\nВа байбихьана Сапижатил къисматалъул къиса. Гьелъ гьеб сайгъат гьабулеб букӏана жиндирго рекӏел тӏугьдуллъун ругел Нурмухӏамадие ва Гӏабдуллагьие. Дандчӏвалел ругелщинал захӏмалъаби кӏоченарулаан Сапижатида меседил гарал гӏадал васаз. Кинабго гьезие гӏоло – гӏумруги, пикрабиги, анищалги, хьулалги. Гӏицӏго гьезие гӏоло. Эбелалъул хӏеренлъи-недегьлъиялдаго цадахъ гьелъ хӏалтӏизабизе кколеб букӏана инсул «квартӏа-гъецӏги» — жиндирго тарбиялде тӏаде гьелъ жубазе ккана инсулаб согӏлъиги къвакӏиги.\n— У. Гьедин гьабуна дица. Гурони, дир тарбиялда кинабгӏаги бегӏ букӏине букӏинчӏо. Дир васаздаса, цохӏо дун гурониги, чӏухӏизе кколаан. Гьеле гьединаб букӏана дир тарбилъул мурадги. Росу-ракьги, гӏагарлъиги, гьудул-гьалмагъзабиги, гьай-гьай, Ватӏанги — гьел киназулго адабалъе мустахӏикъал васал гӏезаризе ва куцазе ккани, цохӏо чӏужугӏаданалъул хӏеренлъи гӏезе букӏинчӏо», — ян абуна Сапижатица, гӏанабиги лъалъалаго, бачӏунеб бухӏараб магӏуги гӏодобе тӏинкӏизе биччалаго.\nЗахӏмат букӏана гьелъие васасул хӏакъалъулъ араб заманалда бицине. Захӏмат букӏана диеги гьелъухъ гӏенеккизе…\nКули районаллъул Къяни росулъа Махӏачхъала шагьаралде гочана Сапижат. Кӏиго вас гӏумруялде вахъинавизе ккани, кинаб къуватги сабругиха гьелъие къваригӏине букӏараб.\nАмма Тӏадегӏанасул кумекалдалъун гьелъ тӏубазабуна чӏужугӏаданалъулги эбелалъулги борч. Тӏегьан рачӏунел рукӏана гьелъул рекӏел тӏугьдул.\nКинабго хасаб, цо чӏезабураб низамалда, тартибалда букӏана Сапижатил хъизамалда. Васаздаги лъалаан жидее гӏоло чанго бакӏалда хӏалтӏулей йигей эбелалъул ракӏбакъвазабизе бегьулареблъи. Эбел хӏалтӏудаса ячӏиналде, рокъор гьез тӏуразе кколел тӏадкъаялги рукӏунаан.\nВасазда хӏаллъазе течӏониги, эбел йохун йикӏунаан гьездаса – гьелъул тарбиялъ лъикӏал хӏасилал кьолел рукӏана.\nЛъугӏана Нурмухӏамадил школа. Ва гьев цӏализе лъугьана Рязаналде, армиялъул генерал В. Ф. Маргеловасул цӏаралда бугеб воздушно-десантное командное училищеялде.\nНурмухӏамадица рагъулаб гьа балелъулги, вачун Гӏабдуллагьгун, Сапижатги ана, гьесухъ гӏенеккизе. Гьасие диплом кьолелъулги, гьей васасухъе ана. Гьелъие бокьун букӏана гьеб кинабго хадусев вас Гӏабдуллагьидаги бихьизе.\nЛъугӏана Нурмухӏамадица училище. Ккана гьев Сириялдеги. Гьеб букӏана рагъулаб хӏалбихьиялде гьес тӏамураб тӏоцебесеб гали. Ва цинги Украина… Ватӏаналъул ахӏиялъе жаваб гьаруразда гьоркьов вукӏана Нурмухӏамадги…\nГӏумруялъулгун къо лъикӏ гьабулел лахӏзатал\nМахӏачхъала шагьаралъул №№26, 58 школазда хӏалтӏулаго, учитель Сапижат Гӏисаевнаялъ жиндирго цӏалдохъабазда кидаго малъана ватӏан бокьи, гьелъие гӏоло рухӏ кьезе хӏадур рукӏин щивав чиясулъ бессун букӏине кколилан. Гьедин малъана гьелъ жиндирго васаздаги.\nЩиб лъалеб, гӏумруялъулгун къо-мех гьабулел дол лахӏзатазги, Нурмухӏамадида цебе рачӏун ратила жиндир къисматалъул къираллъун йикӏарай ва хутӏизе йигей эбелалъул сипатги ва гьелъул гӏумруялъул дарсалги.\nЖиндирго гӏумру ахиралде щолеб бугеб бичӏчӏараб гӏадин, гьев гӏемер кӏалъалалан эбелалъухъе, жиндие мун йокьулиланги абун.\n— Лъала, эбелалъул дарман, лъала дида, — ян данде гьимулаан эбелги. Амма цонигиязда, я эбелалда яа васасда лъалеб букӏинчо, тӏокӏалъ жал цоцахъе щвезе гьечӏеблъи.\n2022 соналъул 20 февралалда Нурмухӏамадие гьаюна яс. Гӏолохъанав инсул бадиб цо кинабалиго пашманлъиги бихьулеб букӏана эбелалда.\nВа Сапижатида ракӏалде щвана васас жиндиего гьарулел рукӏарал махсарабиги:\n— Эбел, нижеца дуе сайгъат гьарила гӏемерал васалг ясалги. Мун йикӏине йиго бищунго талихӏай кӏодоэбеллъунги. Гьел киналгоги хьихьун, хӏалтӏудаса нахъеги йилълъун, мун чӏезе йиго рокъой. Нижеца тӏадбуссинабила дуе, ниж гьитӏинаб мехалда щвечӏеб хӏалхьи. Амма нижер ясал дуца дагьалъ недегьго хьихьизе кколаха, гьел тӏубанго согӏалъун, хъачаллъун гӏунгутӏизе, — ян абулаан Нурмухӏамадица эбелалда.\nЦинги гьей данде елъулаан:\n— Вабабай, бихьулищ дие аз кьезехъин бугеб хӏалхьи, гьаруралщинал лъималги хьихьизе тӏамун -, абун.\nАмма эбелалъе цохӏо жавгьарги сайгъат гьаюн, абадияб рокъове ана Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов.\n2022 соналъул 23 февраль. Ватӏан цӏунулезул къо. Гьеб сордоялъ гӏолохъанай лъадухъе видеобухьеналдасан кӏалъана гьев. Ва Мадинаде ясалъул аманатги гьабуна, нагагь жив гьечӏого хутӏанигийилан абун…\nПикрабалъ къо-мех лъикӏ гьабулеб эбелалъулгунги. Жиндир ясалъе бищунго лъикӏай дахӏабабалъун йикӏайиланги гьарун, телефон гӏодоб лъуна. 24 февраль… Рагъулаб хъулухъалда васал ругел улбузул пикраби хӏалуцараб лахӏзат…\n25 февраль. Дарсал кьолей йикӏарай Сапижатихъе бачӏараб чӏегӏераб хабар. Кин щвараялигицин лъачӏого, рокъое щун ятана гьей. Киназухъего цебесан кӏалъазе лугьана. Гьелъие къваригӏун букӏана цонигиясгӏаги гьб хабар гьереси бугилан абизе. Амма данде жваб гьабизе гьел кватӏидал, гьелда кинабго бичӏчӏана…\nГьеб къоялъ васас эбелалъе сайгъат гьабуна цоги тӏадегӏанаб цӏар – Россиялъул бахӏарчиясул эбел.\nЩуго къоялда жаниб кӏиго сайгъат эбелалъеги гьабун, ана Нурмухӏамад бахӏарчилъиялъул дунялалде.\nКӏудияв вацасул ахир мисаллъун хутӏана Гӏабдуллагьиеги. Гьевги цӏалана Рязаналда Россиялъул ФСИНалъул( академия права и управления Федеральной службы исполнения наказаний) академиялда.\nБухӏиги магӏуги цохӏо букӏана\n— Вас вукъизе росулъе арай дие рахӏат толеб букӏинчӏо кӏалъан рачӏунез. Дол къояз тӏолабго Россия дунгун букӏана. Махӏачхъалаялъул автостанциялде, аэродромалде, вокзалалде рачӏараз бокьарав дагъистаниясда гьарулеб букӏун буго Бахӏарчиясул эбелалъухъе нух бахъизе кумек гьабейилан. Гьедин ялагьулаан дун Россиялъул батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамаз дун, — илан бицана Сапижатица.\nНурмухӏамадил гьанжего гьанже гьаюрай яс Теймияеги Россиялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса рачӏунел рукӏана посылкаби. Гьезда тӏадги хъван букӏуна Бахӏарчияв инсул жавгьар Теймияе абун. Адрес тӏад хъвачӏел посылкабаздаги ралагьулаан ниж. Гьенир ратулаан жидецаго хьухьарал лъималазул партал, гьелъухъе хъварал кагъталги ва цогидалги сайгъатал, — илан тӏадеги жубана эбелалъ.\nДолдаса нахъе ана кӏиго сонги хадубги. Жеги-жеги кӏалъан рачӏуна Сапижатихъе Россиялъул регионаздаса гӏадамал. Гьезул гӏемериселги – гьезда лъаларел.\nМоскваялдасаги рачӏана Дагъистаналде, Нурмухӏамадил хабаде щвезе. Жеги рачӏунелги руго. Гьезги гьарулеб буго жал Бахӏарчиясул эбел йихьизе рачейилан ва ялагьулей йиго дун, — илан ракӏкъварилъана Сапижатил.\nНурмухӏамадил хӏакъалъулъ доб мехалда хъвана Дагъистаналъулги Россиялъулги журналал-газетазда. Киназго абулеб букӏана нилъер Нурмухӏамадилан, нилъер Бахӏарчийилан абун.\nГьабсагӏаталда Сапижат Мазаева ккола Махӏачхъалаялъул №54 школалъул директор. Гьелъул гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккун вуго нус-нус цӏалдохъан…\nГьаб къисаялъе лъугӏел букӏинаро. Гьаб гьанжего гьанже байбихьана – Бахӏарчиясул бахӏарчияй эбелалъул къиса…\nМиллатал гӏемераб дир Россиялда\nДир гӏагараб улкаялъул халкъазул цолъиги гьудуллъиги. Гьелъулъ гурищ нилъер къуват бугеб. Гьелъие иргадулаб мисаллъунги ккола киназего гӏахьалаб букӏараб Бахӏарчисул эбелалъул магӏуги къварилъиги. Нурмухӏамад жидеравлъунго рикӏкӏана Россиялъул киналго халкъаз. Ва цо лахӏзаталъ миллатазул гъунки дагьабги щулалъана. Гьеб дагьабги лъадарана рагъул киназего гӏаммаб къварилъиялъул корониб. Гьединаб букӏана, буго ва букӏине буго нилъер кӏудияб улкаялъул кӏудияб гьудуллъи. Гьеб гьудуллъиялъ къуват кьуна Бахӏарчиясул эбелалъеги. Гьелда бичӏчӏана жиндир васас берал гӏадада къанщичӏеблъи. Ватӏаналъул гъасда гӏадатал гӏадамаз бакараб цӏаги цӏадухъе ракӏарарал гьезул ракӏазул хинлъиги лъиданиги къинабизе кӏвезе гьечӏо.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "6746-gielmuyal-e-kurab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=6746-gielmuyal-e-kurab-giumru", "title": "Некӏсиял къавмазул лъалкӏда хадув", "date": "2024-12-29 17:43:28", "categories": ["barkiyal"], "text": "29 декабралда 75 сон тӏубана машгьурав гӏалимчи-археолог, тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор, РАНалъул академик Хизри Гӏамирханов гьавуралдаса.\nГьев ккола Болъихъ районалъул Гӏанди росулъа. Цӏалана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги школазда. 1972 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университет, хадуб СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул Ленинградалда бугеб отделениялда аспирантура. Хизри Гӏамирхановасул захӏматалъулаб нух байбихьана Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул учительлъун ва цадахъго завучлъун хӏалтӏиялдаса. Жеги вузалда цӏалулаго, гьев вукӏана тарихалъул факультеталъул студентазул гӏелмияб жамгӏияталъул нухмалъулевлъун. Гьесул тӏоцебесеб гӏелмияб хӏалтӏи къватӏибе бачӏана 1972 соналда. Гьениб бицунеб букӏана магӏарулазул хвел букъиялъул хаслъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гьев машгъуллъана гӏелмиял цӏех-рехазде.\n1977 соналда Хизри хӏалтӏизе лъугьана СССРалъул Гӏелмияб академиялъул археологиялъул институталда. Гьебго соналда цӏунана тарихиял гӏелмабазул кандидатлъиялде диссертацияги. Отделалъул нухмалъулесде щвезегӏан хӏалтӏул болъаби нахъа тана гьес. Ва 1989 соналда цӏунана «Палеолит Юга Аравии» абураб темаялда докторлъиялъе диссертацияги.\n1992-1994 соназда Гӏамирханов вукӏана палеолиталъулгун мезолиталъул секторалъул нухмалъулевлъун. 1994 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго РАНалъул археологиялъул институталъул отделалъул нухмалъулевлъун. 2008 соналда гьев вищана РАНалъул тарихиялгун филологиял гӏелмабазул академик-секретарасул заместительлъун. 2009-2015 соназда хӏалтӏана РАНалъул ДНЦялъул президиумалъул председательлъунги Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул директорлъунги. 1999 соналда Хизри мустахӏикълъана профессорасул гӏелмияб цӏаралъе. 2002 соналда вищана Германиялъул археологияб институталъул член-корреспондентлъун, 2003 соналда – РАНалъул член-корреспондентлъун ва 2019 соналда – РАНалъул академиклъун.\nХизрица гьарулел гӏелмиял цӏех-рехазул аслиял темабилъун ккола Бакъбаккулгун югалъулаб Азиялъул ганчӏил гӏасруги, Бакъбаккул Европаялъул тӏасияб палеолитги, этноархеологияги, лингвоархеологияги. Гьес цӏех-рех гьабуна Кавказалъулги, Бакъбаккул Европаялъулги, Гӏагараб Бакъбаккулги археологиял памятниказул. Гьединго гьев хӏалтӏула, Гӏурус авлахъалъул некӏсияб заманалъул халгьабулаго, гьениб гӏумру гьабулел халкъазулги Европаялъул халкъазулги культурабазул гӏаммал хасиятал ратиялда тӏадги.\nГӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилалда гьес къватӏибе биччана 300 гӏелмияб хӏалтӏи, гьезда гьоркьоб 12 монография ва цӏалулгун методикияб тӏехь. Гьесул хӏалтӏаби рахъана Россиялъулги, Германиялъулги, Испаниялъулги, Италиялъулги, Йеменалъулги, Даниялъулги, Франциялъулги, СШАялъулги ва цогидалги улкабазул басмаханабазда.\nХ. Гӏамирхановас кӏудияб бутӏа лъуна Гӏарабиялъул чӏинкӏиллъиялъул цӏех-рех гьабиялъулъ. Гьениб гьес рагьана палеолиталъулги неолиталъулги заманалъул чанги цӏияб памятник ва гьабуна гьезул цӏех-рех; лъазабуна гьанжесел бедуиназул гӏумруялдагун магӏишаталда хӏалтӏизарулел некӏсиял алатазул хӏакъикъат. Гьел цӏех-рехазул хӏасиллъунги ккана цебеккун рехсараб темаялда хъвараб гӏелмияб диссертация. Гьеб хӏалтӏуе тӏадегӏанаб къимат кьуна тарихчагӏазгун археологаз.\nКӏвар цӏикӏкӏарал гӏелмиял цӏех-рехал гьаруна Хизри Гӏамирхановас Дагъистаналдаги. Масала, Гъарабудагъкент районалда гьесда батана тарихчагӏаз «мустье» абураб заманалда букӏарабин абулеб анлъго цӏияб памятник (Генторун I и II, Манас-озень I-IV). Гьенир ратана леваллуасская абулеб техникаялда рекъон гьарулел тӏагӏел-алатал.\nКавказалдаса Евразиялде кин гочун арал некӏсиял къавмал? Гьеб суалалъе жаваб балагьиялъул мурадалда, 2003 соналда РАНалда байбихьана хасал цӏех-рехал гьаризе. Гьезда рекъон гӏелмиял хӏалтӏаби гьарулел рукӏана Ставрополь краялъулги, Кабардино-Балкариялъулги, Дагъистаналъулги, Северияб Азербайжаналъулги ва Ираналъулги ракьазда. Гӏелмияб пикру тӏаде цӏалел хӏасилал ккана Дагъистаналда гьарурал цӏех-рехазул. Югалъулаб Дагъистаналда гӏалимзабаз рагьана палеолиталъул заманалъул къогоялдаса цӏикӏкӏун памятник (Рубас-I-V, Тинит-I, Дарвагъчай, Дарвагъчай залив, Дарвагъчай-залив-I, Дарвагъчай-залив-4, Дарвагъчай-I, Дюбекчай, Чумус-Иниц, Шор-Дере-I-VI) ва Централияб Дагъистаналда, Гӏахъуша районалда: гьитӏинабго бакӏалда гьениб буго анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун памятник (Айникаб-I, II, Мухкай-I, II, Гегалашур-I, II, III ва гь..ц.).\nГӏахъуша районалъул Гӏайникаб росдада гӏагарлъухъ хӏалтӏулел экспедициязул хӏакъалъулъ бицунаго, Хизри Гӏамирхановас бицун букӏана некӏсияб Дагъистаналда гӏумру гьабулел рукӏун ругин гьабсагӏаталда хинал улкабазда рукӏунел хӏайванал (масала, жирафалги пилалги). Исана «Гӏахъушинка» ва «Усишинка» абурал гӏоразда гьоркьоб бугеб бакӏалда ратана олдованалъул заманалъул хӏужаби. Тарихчагӏазул пикруялда рекъон, гьел тун руго Африкаялдаса гочарулел рукӏарал гоминидал абулеб инсанасул тайпаялъ тарал лъалкӏал.\nКӏудияб хӏалтӏи гьабуна Хизрица некӏсияб Чӏохъ росдал цӏех-рехалъул баянал мухӏканлъиялъеги. Гьесул хӏаракаталдалъун лъазабуна мугӏрузулаб Дагъистаналъул некӏсияб халкъалъул мезолиталдаги неолиталдаги букӏараб магӏишатиябгун маданияб гӏумруялъулги тӏабигӏияб сипаталъулги хӏакъикъат. Гьес дандеккуна гео-морфологиялъулги палеоботаникаялъулги баянал Каспиялъул регионалда ккарал гьава-бакъалъул хиса-басиялгун ва гьелдалъун щварал баяназул кьучӏалда чӏезабуна Чӏохъ росдал тарих жеги 10 азарго соналъ цебе байбихьараблъи.\nЧӏахъадерил некӏсияб росдал хӏужабазда рекъон, рехсараб заманалда централияб Дагъистаналда рукӏарал гӏадамазул маданияталъулги Каспиялда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулезулги релълъарал рахъалги руго. Гьелдаса нахъе байбихьана, Хизри Гӏамирхановасул пикруялда рекъон, централияб Дагъистаналда гӏадамаз гӏумру гьабизе. Гьебго заманалда ккана бакӏалъул гӏадамазул мацӏазул цолъи-жубайги, миллиял къавмал лъугьинги, магӏишаталъул релълъарал рахъазул цебетӏейги.\nХизрица тӏубана чӏахъадерил культура бижиялъул масъалаги. Гьелъие кьучӏлъун гӏалимчияс рикӏкӏуна мугӏрузулаб Ираналъул районал – Эльбрусалда ратарал Дам-дам-чешме 1, Дам-дам-чешме 2, Джебел, Кайлю, Каскыр-Булак ва цогидал стоянкабазда релълъарал алатал ратун руго чӏахъадерил стоянкаялдаги. Гьес абулеб буго, мезолиталъул заманалда, Каспий ралъдал гьумер гӏодобе ккеялъул хӏасилалда, Северияб Ираналъул Эльбрус мегӏералъул ракьалда рукӏарал къавмал гочун ругин мугӏрузулаб Дагъистаналде, гьенисанги – бакъбаккул рахъалде. Хизрил гьеб пикруялда тӏадрекъана гӏалимзаби-лингвисталги. Гьезул пикруялда рекъон, мацӏалъул цо къокъаялда гъорлъе уна Бакъбаккул Кавказалъулги, Китаялъулги, Сибиралъулги (кетазул ва гь. ц.), гьединго Северияб Америкаялъулги (индейцазул Дене абураб къавм) лугъатал.\nГӏалимчиясул пикруялда рекъон, мезолиталъул байбихьуда (гьеб ккола гӏага-шагарго нилъер эраялда цересел VIII-VII-абилел сонал) чӏахъадерил культура цебетӏолеб букӏана бигьагьабун. Гьеб цебе-тӏеялъулъ хехаб хиса-баси ккола нилъер эраялда цебесеб анкьазар-абилеб ва анлъазарабилеб соназда гьоркьосеб заманалда. Гьеб бухьараб буго антлантияб заман байбихьиялда. Гьебмехалда цӏакъго хисун кколеб буго тӏабигӏияб ландшафт. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьава-бакъ хинлъи ва регьел цӏикӏкӏин. Ралъдал гьумералдаса 1600-1900 метралъул борхалъиялда ругел Централияб Дагъистаналъул мугӏрузда тӏибитӏана гӏурччинлъи, ай рижизе байбихьана жеги гьеб бакӏалда киданиги рукӏинчӏел гъутӏби (миккигъветӏ ва гь. ц.).\nГьанже нахъа Хизри Гӏамирхановас цӏех-рех гьабуна хунздерил тӏалъиялъулги, Тобот гӏурулги, Гӏандадерил хӏорилги рагӏалда рукӏарал памятниказул. Гьелги уна чӏахъадерил культураялда гъорлъе.\nНекӏсияб чӏахъадерил стоянкаялъул неолиталъул заманалъул халгьабулаго, гӏалимчияс чӏезабуна, гьеб заманалда хурдулгун кьалбал ракӏариялдасагун чанахъанлъиялдаса гӏадамал руссанин ракь хӏалтӏизабиялдегун гӏалхул хӏайванал куцаялде. Ракь хӏалтӏизабигун боцӏи хьихьи ккола инсанияталъул гӏумруялдагун цебетӏеялда жаниб ккараб кӏудияб хиса-баси.\nХизри Гӏамирхановасул цӏех-рехазул хӏасилалда Россиялъул регионазда гьоркьоб мугӏрузулаб Дагъистан рикӏкӏуна некӏсияв инсанасул гӏумруялъул цебетӏеялда хадуб гьабсагӏаталдаги халкквезе рес щолеб къанагӏатаб ракьлъун.\nХизрил гӏелмияб хӏаракаталъе пачалихъалъ кьуна мустахӏикъаб къимат. Гьев ккола Дагъистаналъул мустахӏикъав гӏалимчиги (1999) Москва областалъул Зарайск шагьаралъул хӏурматияв гражданинги. Гьев мустахӏикълъана «Москваялъ 850 сон тӏубай» абураб медалалъеги."}
{"slug": "nuhalgi-mehalgi-cziaralgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nuhalgi-mehalgi-cziaralgi", "title": "Нухалги, мехалги, цӏаралги", "date": "2024-12-29 17:59:07", "categories": ["kolonka-red"], "text": "Редакторалъул калам\nХириял магӏарулал! Ахиралде щвана Тӏадегӏанас нилъее кьураб цойги сон. Кинабха гьеб букӏараб нилъер республикаялъеги, миллаталъеги, миллияб басмаялъеги?\nИсана загьирлъана СВОялда Россиялъул Бахӏарчилъун вахъарав цойги магӏаруласул цӏар – Гӏаймакиса Мухӏамад Исбагьиевасе хун хадуб кьуна гьеб. Гьединго дунялалдаго рагӏана лъабго анкьалъ перги кун, тӏад перекисьги гьекъон, Украинаялда вагъарав Цӏунтӏа районалъул Хутӏрахъа Закаря Гӏалиевги квердеги инчӏого, моцӏалъ гвандинив хутӏарав СВОялъул бахӏарчи — Дагъистаналдаса Маресьев — Гьарадерихъа Хӏажимурад Хъазанбиевги.\nРеспубликаялъул спорталда меседил хӏарпаздалъун хъвана исана Олимпиялъул хӏаязул чемпионаллъун рахъарал Кӏикӏуниса Ахӏмад Тажудиновасулги Инхокъвариса Мухӏамад Рамазановасулги цӏарал. Гьединго анлъабилеб нухалдаги гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъана Гӏабдурашид Сагӏадулаев.\nИсана хиса-басиял ккана Шамилил цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб фондалъулги Авар автономиялъулги нухмалъиялда.\nИсана баккана интернеталда магӏарул мацӏалдаса бокьараб мацӏалде таржама гьабулеб къагӏида. Кавказалъул рагъул заманалдаса нахъе дунялалда щущан ругел магӏарулазе кӏудияб сайгъатлъун буго умумузул мацӏалда бокьараб тарихияб яги цогидаб асар цӏализе рес щвей.\n2025 соналда 108 сон тӏубала нилъер миллияб басмаялъ. Гьаб лъагӏалида жанир гьелъул тарихалда цо кӏудиял хиса-басиял ккечӏониги, гӏезегӏан рукӏана ракӏгъурал данделъабиги, сапаралги, дандчӏваялги, гьединалго макъалабиги. Масала, тӏадеялдаса-тӏаде ниж чӏухӏулел тадбираллъун лъугьунел руго республикаялъул даражаялда Шамай Хъазанбиевалъги Мухӏамад Манаповасги Миллияб библиотекаялда тӏоритӏулел конкурсалги, магӏарулазул тарихалда лъалкӏ тарал ракьцоял ракӏалде щвезариялъул дандеруссиналги. Республикаялда машгьурал гӏадамалги ахӏун, рахьдал мацӏалде рокьи бижизабиялъул мурадалда редакциялда тӏобитӏун букӏана авар диктантги.\nГьединго сентябрь моцӏалда «Хӏакъикъаталъул» редакция гьоболлъухъ ахӏун букӏана Цӏумада ва Болъихъ районаз 95 сон тӏубаялде гьарулел тадбиразде, Олимпиялъул хӏаязул чемпионал Гӏабдурашид Сагӏадулаевги Ахӏмад Тажудиновги кӏодо гьарулел тадбиразде, Шагьрудин Шамхалов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде тӏоритӏулел мажлисазде ва жеги гӏемерал бакӏазде. Гьелдалъунги бихьула миллияб басмаялдехун республикаялдаги магӏаруллъиялдаги бугеб хинаб бербалагьи.\nГьединго ахиралде щвана почалдасан газет-журналазе подписка гьабулеб заманги. Пачалихъалъул тӏалабалда рекъон, 2025 соналда «Хӏакъикъат» газеталъул тираж букӏине ккола 4 500 экземпляр.\nЦебеялде дандеккун, щунусго экземпляралъ дагьлъизабуна гьеб. Гьединго буго цогидал миллатазул газетазул ишги.\nПочалдасан хъван буго «Хӏакъикъат» газеталъул 2 514 экземпляр. Хутӏараб къадар гӏезабизе бегьула «Дагпечаталдасан» хъванги (гьенисан подписка гьабизе бегьула бокьараб мехалда).\nХъвараб газета заманалда щоларилан абурал гӏарзалги рачӏана нижехъе исана соналда жанир. Рачӏаниги, почалъул хӏалтӏи гьечӏони, газетал тӏиритӏизариялъул иш цебечӏезабизеги захӏмалъизехъин буго.\nГьедин, доб 2 514 экземпляралдаса гьоркьоса 1 932 газета хъван буго Шамилхъалаялда бугеб почтамталда гъорлъе унел почазул отделенияздасан. Гьелъухъ нижер редакциялъ кӏудияб баркала кьолеб буго почтамталъул нухмалъулев Тикилав Хӏажиевасе, гьесул заместитель Хӏайбула Гӏабдулмуслимовасе, бетӏерай специалист Асият Гӏабдулаевалъе ва цогидазе.\nХасго рехсечӏого гӏоларо «Хӏакъикъат» газеталъул гьудул, республикаялъул УФПСалъул подписка гьабулеб отделалъул нухмалъулей Гӏазизат Ахӏмадулаева. Сордо-къоялда жанир кида кӏалъаниги, редакциялъул къваригӏел тӏубалейги почаздаса гӏебеде нилъер газеталъе реклама гьабулейги гӏадан йиго гьей. Баркала, Гӏазизат, Аллагь разилъаги дудаса!\nБищун гӏемер «Хӏакъикъат» хъван буго Унсоколо росулъ (127), Хунзахъ (99) Гъоркьа Инхо (96), Хӏебда (91), Игьали (76), Харахьи (71), Гьоцӏалъ (68), Гъуниб (58).\nАмма росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазул къадаралъухъ балагьун подпискаялъе къимат кьечӏониги, битӏараб букӏинаро. Масала, 2 400-де гӏагарун чияс жаниб гӏумру гьабулеб Гьоцӏалъ росуги анлънусидаса чи жанив вугеб Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏа росуги данде кквезе бегьилищха. Гьедин Тӏохьотӏа хъван буго 56 «Хӏакъикъат». Руго цо-цо газета хъварал росабиги.\nЛъица кигӏан хъван батаниги, цойги нухалъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала нужер щивасе! Нижеца гьеб рикӏкӏуна миллаталъул хаслъи цӏуниялде нужеца лъолеб пайдаяб бутӏалъун.\nГьаниб батӏаго бицен гьабизе ккола Абакар Гӏумаровасул цӏаралда бугеб Чӏикӏаб росдал школалъул директор Мухӏамад Бартихановасул хӏакъалъулъ. Гьединал директорзаби ругебгӏан мехалъ магӏарул мацӏ цӏунун хутӏизе букӏиналда ракӏчӏола. Гьанжегӏагар ахӏун редакциялъул вакилзабигун, школалда «Хӏакъикъаталъул» къо гьабуна гьес, 150 газетаги хъвана.\nГьединго баркала загьир гьабизе бокьун буго тӏубараб лъагӏалица нижергун бухьеналда рукӏарал киналго цӏалдолезе – Хунзахъа Тӏалхӏат Ахъбердиевасе, Ташиса Гӏали Мухӏамадовасе, Гӏахьвахъ районалдаса Хӏажимухӏамад Кучуевасе ва Хасмухӏамад Муслимовасе, Цӏумада районалдаса Хӏабиб Давудовасе, Хадижат Залимхановалъе, Ругъжаса Гӏалисултание, Бакьайчӏиса Шамил Мухӏидиновасе, Цӏунтӏаса Гӏиса Гӏабдулаевасе, Рамазан Абдулмуслимовасе, Игьалиса Магьди Гӏабдурахӏмановасе, Унсоколоса композитор Ахӏмад Гӏамирхановасе, Бежтӏаса Шугӏайб Ражабовасе, «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» НКОялъул председатель, Жамгӏияб палатаялъул вакил Раисат Гӏусмановалъе ва цогидазе.\nНижер хӏалтӏухъабазул рекӏел хинлъи загьир гьабизе бокьун буго редакциялъул кидагосел гьалбадериеги — масала, политикиял гӏелмабазул доктор Камиль Ландае, лъебериде гӏагарун соназ къватӏисел пачалихъазда дипломатлъунги, гьединго Жиддаялда Россиялъул Генералияв консуллъунги вукӏарав Акнадаса Багьавудин Гӏалиевасе, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадовасе, Авартеатралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевасе, Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Залму Батировалъе, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевасе, машгьурай шагӏир Залпа Мухӏамадрасуловалъе, Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъе, тарихиял гӏелмабазул доктор Мухӏамадхан Мухӏамадхановасе, кандидатал Шагӏбан Хӏапизовасе, Мухӏамад Шехмухӏамадовасе, жамгӏияв хӏаракатчи Гӏалибег Гӏалиевасе, «Магӏарулай» журналалъул редактор, рахьдал мацӏалъул учительзабазул Ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъе, Гуржиялъа магӏарулав, ай Кьадалиса Мухӏамад Жабрагӏиловасе, фотожурналист Мухӏамад Чӏанкӏалаевасе, Карачаево-Черкессиялда вугев ДРялъул хӏукуматалъул вакил Мухӏамад Мухӏамадовасе ва цогидазе.\nАмма кигӏан нилъеца миллияб газетал цӏунизе ккеялъул бицаниги, бокьаниги-бокьичӏониги, интернеталъ тӏалъи босичӏогоги хутӏилебищали лъаларо. Кинабго гӏайиб гьелде рехунги тӏубаларо. Жибго газеталъулги ратила гӏунгутӏаби: дагьа-макъабго чӏамучӏлъиги, бер бахъулеб куцалдайин абухъе, цо-цо цӏалдолезе къваригӏараб къагӏидаялда бадиса-бадибе критика гьабизе рес рекъонгутӏиги. Гьелъиеги руго цо-цо гӏиллаби. Бажарулебгӏан мехалда нижеца яхӏ бахъила хадубккун гьел рахъал хисизаризе. Амма лъалеб жо буго тӏадеялдаса-тӏаде дунялалда гӏисинал миллатазул мацӏал тӏагӏине байбихьараб гьаб заманалда нилъеца нилъерго хаслъи цӏунизе кколеблъи. Гурони нилъ рилула, тӏагӏуна ралъдалъ лъел къатӏра киннигин.\nГьанже киназго школал рачуна мисалалъе: гьенир рахьдал мацӏазул сагӏтал дагьлъизарулел ругилан. Школал гурелги, нилъ киналго гӏахьаллъизе ккола гьеб ишалъулъ. Масала, рокъосанго щай гъоб рахьдал мацӏ гьуин гьабизе бегьулареб? Кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун соназ церего Турциялдеги, Сириялдеги, Иорданиялдеги мугьажирлъиялде ине ккарал нилъер миллатцояз магӏарул мацӏ школаздасанищ лъазабулеб бугеб?\nГьединго магӏарул росабалъе рачӏунелъул гӏурус мацӏалъ хъварал игӏланазда цадахъго нилъерго мацӏалдаги щай бегьиларел гьел хъвай-хъвагӏаял гьаризе? Советияб заманалда гӏадин, лъимер батаниги, ригьин гьабиялъе батаниги, нугӏлъи гьабулел кагътазда кӏиабилеб мацӏлъун щай нилъерго мацӏ гьабизе бегьулареб?\nЖеги чанги руго гьаризе бегьулел жал. Гьезул тӏасияб соналда бицина. Гьалдалъун тела.\nНилъее киназего тавпикъ кьейги, араб-таралъул хӏисабги гьабун, цӏияб соналда церехун ине. Баркула магӏарулаздаги тӏолалго дагъистанияздаги Цӏияб сон! Баркат-рахӏматгун щвараб батаги!\nЗульфия Хӏажиева"}
{"slug": "avar-adabiyatalul-tarihalda-kivar-bugeb-luga-bahin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=avar-adabiyatalul-tarihalda-kivar-bugeb-luga-bahin", "title": "Авар адабияталъул тарихалда кӏвар бугеб лъугьа-бахъин", "date": "2025-10-20 15:15:15", "categories": [], "text": "2021 соналда басмаялда бахъана Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан, машгьурав магӏарул прозаик, шагӏир, таржамачи ва критик Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовасул «Эркенлъиялъул багьа» абураб лъабго тӏехьалдаса гӏуцӏараб тарихияб роман.\nАвар адабияталъе тарихияб роман цӏияб жанр гуро. Араб гӏасруялда Мухӏамад Хуршиловас хъвана «Сулахъалъ нугӏлъи гьабула», Мухӏамад Сулимановас – «Огниялда», Муса Мухӏамадовас – «Къисас» абураб трилогия. Советияб заманалдаса хадуб авар адабият бечед гьабуна Машидат Гъайирбеговалъул «Имам Шамил», Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасул «Суракъат», Шапи Казиевасул «Шамил имам» ва «Ахӏулгохӏ» (гӏурус мацӏалда) ва цогидал тарихиял романаз. «Эркенлъиялъул багьа» ккола гьанже заманалда хъвараб тӏоцебесеб роман-трилогия. Гьелда бицунеб буго миллияб тарихалда 200 соналда жанир (1681-1877 с.с.) ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ. Сюжет гӏуцӏун буго унго-унгоял гӏадамазул гӏумруялда ккарал хӏакъикъиял лъугьа-бахъиназул кьучӏалда, руго авторас ургъарал багьадуралги.\nГӏагараб ракьги эркенлъиги цӏунулаго, гӏумруялда барахщичӏого, рагъулел рукӏарал Дагъистаналъул халкъазул бахӏарчилъигун къохӏехьей ва къвакӏи бихьизабулеб буго авторас романалда. Аслиял лъугьа-бахъинал ккола хъвадарухъанасул ватӏаналда – Тӏелекь росулъ. Гьениб халкъалъе гӏакъуба-гӏазаб кьолеб буго Гъазигъумекиса Мухӏамад-ханасул наслабазул щуабилеб кьералъ – росдал бегавул Чупаницаги гьесул кӏудияб гӏагарлъиялъги (Хӏамзатхан, Амирхӏамза, Турулав ва гьезул лъимал). Гьез хъамал гьабула халкъалъул боцӏи; зулму гьабун, жидедаго цере хӏалтӏизе тӏамула гӏадамал; инжит гьарула руччаби. Романалда гьел рихьизарун руго гӏицӏго жидерго бечелъи цӏикӏкӏинабиялъул гурони ургъел гьечӏел бахьикъосарал гӏадамаллъун.\nРуго цогидалги багьадурал – халкъалъул рахъкколел, гьелъие хӏалае рахъунел. Гьединаллъун ккола Къебед-Мухӏамад дибирги гьесул гӏадлу-низамалда чӏолел чагӏиги. Кӏиябго къапилаялда гьоркьоб буго даимаб питна, кидагосеб кьал ва дандеккунгутӏи.\nРоманалда бицунеб буго эркенлъиялъе гӏоло магӏарулаз гьабураб къеркьеялъул хӏакъалъулъги. Къебедмухӏамад-дибир вукӏана Кавказалъул рагъул жигарав гӏахьалчи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏемерал тӏелкьалги гӏахьаллъана гьеб рагъулъ. Гьеб къеркьеялда гӏахьаллъулаго, загьирлъана Мухӏамад Ярагъиясулги, Гъазимухӏамад, Хӏамзат ва Шамил имамзабазулги, гьезул ишцоязулги тӏадегӏанлъиги гӏадамазда гьоркьоб гьезул къадру букӏинги.\nРоманалда рихьизарун руго гӏадатияб халкъалъул бахӏарчилъиги, документалиял хӏужабиги, тӏехь цӏализе гъира базабулел лъугьа-бахъиназдаса махщалида гӏуцӏараб сюжетги ва бищун аслияб — рекӏее асар гьабиги, аслиял багьадуразул къваридаб къисматалъул хӏакъикъатги, халкъалъул бергьенлъабигун къварилъиги. Гьеб кинабго бихьизабизе хъвадарухъанас кӏвар кьолеб буго магӏарулазул рукӏа-рахъиналъул мухӏканал хӏужабазде ва гьединлъидал тӏехь цӏалулесда цебечӏолеб буго халкъалъул гӏумруялъул такрарлъи гьечӏеб хӏакъикъат.\n«Эркенлъиялъул багьа» абураб романалъе хасиятаб буго тарихияб мухӏканлъи. Авторас кьочӏое росулел руго хӏакъикъиял лъугьа-бахъинал, тарихияб гӏелмуялъ тасдикъ гьарурал баянал. Гӏемерал ва батӏи-батӏиял гӏадамазул сипатаздалъун гьес бицунеб буго халкъалъул гӏумруялда кӏочонареб лъалкӏ тарал кӏудиял хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Романалъул багьадураз гӏумру гьабулеб буго бичӏчӏизе захӏматаб ва хӏалуцараб заманалда. Авторасухъа бажарун буго гьезул эпикияб сипат гӏуцӏизе, заманалъулги бакӏалъулги хаслъи рагьизе, доб заманалъул хӏакъикъат художествияб къагӏидаялъ цӏи гьабизе. Цебесеб тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб бугониги, романалъул багьадурал тӏехь цӏалулесда церечӏола чӏагоял, ай гьабсагӏаталда жамгӏияб гӏумруялда жигараб гӏахьаллъи гьабулел, унго-унгоял бахӏарзаллъун. Гьелъие кумек гьабула доб заманалъул халкъалъул жамгӏияб хӏаракатги, идеологияги ва психологияги рагьизе бугеб хъвадарухъанасул бажариялъ. Гьединаб художествияб асаралъ рекӏее гъваридаб асарги гьабула, халкъалъул тарих лъазабизе гъираги базабула, хасго гӏолилазулъ.\nТӏехь хъван буго бечедаб, сипатияб ва берцинаб магӏарул литературияб мацӏалда.\nМиллаталъе кӏудияб кӏвар бугел лъугьа-бахъиназул тема рагьулаго, М. Гӏабдулхӏалимовас загьир гьабун буго халкъалъул тарихалдеги, гьелъул рекӏел унтиялдеги бугеб жиндирго бербалагьи. Гьесул мурад буго гьеб тарих наслабазул рекӏелъ цӏуни, некӏсиял умумузул рухӏияб дунялалде жакъасел магӏарулазе нуцӏа рагьи ва эркенлъи бокьулел, гьелъие гӏоло гӏумруялда барахщичӏел умумузул адаб гьабизеги къадру цӏунизеги жакъасел наслаби ахӏи.\n«Эркенлъиялъул багьа» абураб М. Гӏабдулхӏалимовасул роман-трилогиялъ мустахӏикъаб бакӏ кквела гьанже заманалъул магӏарул адабияталда.\nМаржанат Хӏажиахӏмадова, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул Дагъистаналъул халкъазул адабиятазул кафедраялъул доцент"}
{"slug": "hӏikmatazul-gasde-gobolluh-rachia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hӏikmatazul-gasde-gobolluh-rachia", "title": "Хӏикматазул гъасде гьоболлъухъ рачӏа", "date": "2025-10-24 13:39:06", "categories": [], "text": "Бечедаб буго имамзабазулги, шагӏирзабазулги, къанагӏатаб махщел кодосел устарзабазулги ватӏанлъун кколеб, 1935 соналда гӏуцӏараб Унсоколо районалъул тарих. Цебе райцентр букӏана Унсоколо. 2016 соналда районалъул администрация гочана Шамилхъала поселокалде. Гьебин абуни ккола республикаялда цого-цо бугеб «магӏарухъ шагьар».\nЦӏакъ бечедаб тарих бугел росабиги руго районалда. Масала, Гьаракӏуни ккола Гъазимухӏамад ва Шамил имамзабазул мугӏалимлъун вукӏарав Сагӏидил ватӏан. Росдада гӏагарлъухъ буго машгьураб Гьерекӏдерил кӏкӏал — кьурабазда гьоркьосан тӏабигӏаталъ бахъараб гъваридаб къварилъи. Машгьурлъун буго росурагӏалда бугеб «Эленил кьуруги» — вокьулесе кьезе инкар гьабидал, кӏкӏалахъе кӏанцӏун хвел босарай берцинай Эленил цӏар щвараб бакӏ.\nАваргӏурул квегӏаб рагӏалда буго Шамил имамасул наиб Мусал ватӏан — Балахьуни. Сверухъ ругел мугӏрузда рикь-рикьун руго Харачӏи, Мокӏсохъ, Цӏатӏанихъ, Бекьилъ, Хъахӏабросу, Иштӏибури ва Колоб росаби. Гъойсубоялъул аскаргун Гуржиялде чабхъенал гьарурав XVIII гӏасруялъул бодул цевехъан рекъав Ражбадинил ватӏан ккола Харачӏи.\nУнсоколо росдада тӏаде балагьун буго бекьдерил габурлъи. Гьелъул расалъиялда буго кӏиго росу — Бекьилъ ва Хъахӏабросо. 1873 соналда Хъахӏабросулъ гьавуна Махӏмуд. Махӏмудилги Бекьилъа Муилги «бицадуй хутӏараб» къиса рагӏичӏев магӏарулавги ватиларо. Гӏурусазул шагӏир Н. Тихоновас гьесда абуна «Кавказалъул Блокилан».\nХъахӏабросдал Тагӏанлъуб авалалъул рагӏалдаса балагьани, хъатиниб лъураб гӏадин бихьула Гӏашилтӏа росуги, Щулалъул гохӏги, Ахӏулгохӏги. Гьеб ккола Шамил имамасул эбел Баху-Меседол ватӏанги, Имаматалъул тахшагьаразул цоябги, гӏурус аскаралда данде къеркьолаго загьирлъараб бахӏарчилъиялъулгун къохӏехьеялъул ва къвакӏиялъул гӏаламатги. Ахӏулгохӏда дандбитӏун буго церегӏанго соназ бараб сиги — музей-рукъ.\n1979 соналъул 31 декабралда Унсоколо районалда байбихьана тоннель бахъизе. Гендерил габурлъиялъул кьуруги гӏанлъун бахъараб гьеб рагьана 1991 соналда. Гьелъул халалъи буго 4303 метр, гӏеблъи — анкьго метр ва борхалъи — щуго метр. Сагӏаталда жаниб гьенисан уна 4000 машина. Дагъистаналъул ичӏго районалдаса тахшагьаралде рачӏине бигьалъана тоннель рагьун хадуб.\nАнсадерил гени, гендерил цӏибил…\nГьедин ахӏулаан кочӏолъ. Цебе районалъул аслияб росулъун букӏана Унсоколо. Гьеб буго гохӏда бараб бакӏ. Росулъе тӏаде рахунаго, нухлул кваранаб рахъалда советияб заманалда букӏана пихъил консерваби хӏадурулеб завод. Гьединабго жеги кӏиго завод букӏана районалда. Пихъ бакӏарулеб заманалда гьенире хӏалтӏизе ритӏулаан Дагъистаналъул вузазулги училищабазулги студентал. Гьанже заводалги гьечӏо, студенталги рачӏунаро. Пихъги щивас бажарухъе бакӏарула. Букӏуна, бакӏаризе кумек щунгутӏиялъ пихъ гъотӏодаго тараб заманцин.\nРайоналда курак гӏезабула 600-гӏанасеб гектаралда. Руго цо-цо росабалъ пихъил нигӏматал хӏадурулел цехал, масала, Гьаракӏуни. Амма кинабго пихъ гьенибе баччун бажаруларо. Курак босулеб бакӏ (завод, цех) гьечӏолъиялда бан тӏагӏунел руго сокалги компоталги хӏадуриялъе пайдаял гъутӏбузул тайпабиги. Гьанже аслияб къагӏидаялда курак бичула Хьаргаби районалда ругел заводазе.\nЛенинил столалда — ансадерил щакъитӏел\n1921 соналъул 12 февралалда Дагъистаналъул вакилзабаз бухьана Владимир Ленинихъе сапар. Гьесие сайгъаталъе босун букӏана ансадерил устарзабаз — Нурмухӏамад Ханбудаевасги Мухӏамад Къебедовасги — гьабураб щакъитӏел. 1927 соналда Унсоколо рагьана махщелчагӏазул кооперациялъул артель. Гьелъул председательлъун вукӏана Хӏусенов Сагӏабдула. 1960 соналда артелалъул кьучӏалда гӏуцӏана художествиял тӏагӏелазул фабрика.\nГьеб къанагӏатаб махщел тӏагӏиналъулги хӏинкъи буго жакъа. Дагьалъ цеве «Миллаталъул чӏухӏи — 2025» премиялъе мустахӏикълъарав устар Мухӏамадгӏали Мухӏамадгӏалиевас бицаралда рекъон, биххун унеб буго Художествиял тӏагӏелазул фабрикаялъул мина. Советияб заманалда гьенив хӏалтӏулаан 300 чи. Фабрика букӏана Унсоколо росулъе рахунеб нухлул квегӏаб рахъалда. Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цееккун щун йикӏана дун гьение. Доб мехалда бицун букӏана устарлъи тӏагӏине тезе гьечӏин, гӏолохъанал махщелчагӏи куцазе ругин абун. Амма бихьулеб буго гьелъие гӏоло гьабураб хӏаракаталъул хӏасил ккун гьечӏеблъи. Жакъа фабрика чӏунтун унеб буго.\nУстарлъи хвасар гьабизе ракӏалда бугин абуна, «Дагъистан» РИАялъул мухбирасул суалазе жавабал кьолаго Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас. «Ансадерил устарлъи буго къанагӏатаб искусство. Нижее бокьун буго гьеб цӏунизе. Нижер устарзабазул тӏагӏелал гъираялда росула художествиял салоназги сувениразул тукабазги. Гьел рокьула туристазеги. «Опора России» абураб партиялъги гьелъул регионалияб политсоветалъги байбихьун буго гьеб цӏуниялъул рахъалъ хӏалтӏи. Хьул буго гьезул хӏаракаталдалъун фабрика хӏалтӏизабизе рес щвеялде», — ян бицана гьес.\nМасъалаби: нух, ток, газ\nМугӏрузул цогидал районазде дандеккун, квешал нухал гьечӏо Унсоколо районалда.\nАхираб заманалда чанцӏулго къварилъи ккана районалъул нухазда. Чвахунцӏадазул хӏасилалда иххал рачӏуна Ахӏулгохӏалда хьолбохъан унеб шагьранухде. Гьелъул хӏасилалда къачӏазе ккола районазда гьоркьосеб шагьранух. Жеги кӏочон батиларо, исана риидал Временный поселокалда гӏагарлъухъ иххица гьабураб зарал.\nАхӏулгохӏдаса бачӏунеб иххица гуребги, нухазеги гӏадамазеги зарал гьабула ансадерил Гӏинтӏи-лъаралъги, Гӏашилтӏа росутӏарадаса чвахулел лъаразги, цогидал бакӏазги. Тӏабигӏияб балагь нилъехъа гьукъун бажаруларо, амма гьелдаса кколеб зарал дагьлъизабизениги кӏолеб батила.\nРайоналъул бюджеталдаса гӏарацги харж гьабун, исана къачӏалеб буго Майданское росулъе унеб нух — гьениб хъил тӏолеб буго. Гьединго къачӏалеб буго Харачӏи росулъе нухги. Гьениб буго туристазе бокьулеб бакӏ. Ралъдал гьумералдаса 1500 метралъул борхалъудасан хъатиниб лъураб гӏадин бихьула тӏолго сверухълъиги Рихьуниб ГЭСалъул хӏорги.\nРайоналъе кӏвар бугеб масъала буго токалдалъун халкъ хьезаби. 400 мегаватт токалъул кьолеб Рихьуниб ГЭСги букӏаго, гӏемерисеб мехалда, хасго хасало, гӏадамал хутӏула хӏедучирахъалъул гӏадаб канлъигун. Хӏалтӏуларо холодильник ва цогидаб техника. Цин дагьлъун, цинги кутакалда цӏикӏкӏун токалъул къуватгун, чанги бухӏана токалъул алат (телевизор, черолеб машина ва гь.ц.). Гӏадамал хӏажаталлъун кколел руго генераторал росизе, токалъул къуват цӏикӏкӏинабулел трансформаторал лъезе. Гьелде тӏадеги, росабалъ руго араб гӏасруялъул 60-70-абилел соназдаго рачарал токалъул кваралги хӏубалги. Гьезул гӏемерисел жагъаллъун, турун руго.\nРихьуни ва Унсоколо росабазул ракьалги пихъил ахалги, рихьундерил цӏикӏкӏарасеб росугицин тӏерхьана ГЭСалъул хӏоринир. Гьел ракьазухъ щвезе кколеб рецӏалил гӏарац жеги кьечӏо халкъалъе. Гӏ. Нурмухӏамадовасул баяналда рекъон, пачалихъалъ халкъалъе бецӏизе ккола 10 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ.\nРайоналъул ракьазул 11256 гектаралда буго рохь. Гьебги къотӏун, хӏадурула хасалоде цӏул. Тӏурччи босизе киназулго рес букӏунарелъул, гӏемер цӏул бухӏизе ккола квачай цӏикӏкӏараб заманалда. Ругел рохьалги тӏагӏина, районалде газ бачинчӏого гӏемераб заман бани. Мадугьалихъ районазда (Хьаргаби, Гумбет, Хунзахъ) газги букӏаго, бегьилаан районалде газ бачиналъе рес балагьани. Шамилхъалаялдаса Рихьуни росулъе унаго, нухлул рагӏалккун лъун руго газалъул рогӏрал. Газ бачун буго гӏицӏго Майданское росулъе. Цогидал росабалъе кида газ бачӏине бугеб — гьеб буго халкъалъ цебегоялдаса нахъе кьолеб суал.\nЦӏиял проектал\nРихьуниб ГЭСалъул хӏориниб гӏумруялде бахъинабулеб буго масакӏ гӏезабиялъул инвестициязулаб проект. Проект уна ДРялъул инвестпроектазул сияхӏалде. Гьеб гӏумруялде бахъинабиялъе Унсоколо росдал администрациялъ кьуна ракь — 16 гектаргун кӏиго сотых. Гьениб данде гьабуна ччугӏа жаниб хьихьулеб 37-гӏанасеб къали. 2024 соналда гьениб гӏезабуна радужная абулеб тайпаялъул 170 тонна масакӏ. Исана гьеб 360 тоннаялде бахине бегьула. Рехсараб проекталъ рес кьуна гӏадамазе хӏалтӏи букӏинабизеги районалъул экономика цебетӏезабиялъеги.\nСоциалиял объектал раялъеги, нухал къачӏаялъеги ва лъим бачиналъеги Унсоколо районалъе республикаялъул бюджеталдаса исана кьун буго лъабго миллиардгӏанасеб гъурущ. Гьелда гьоркьоса нухал къачӏаялъе (тӏадехун рехсараб Майданскиялде унеб шагьраялда хъил тӏеялъе) харж гьабизе буго 160 миллион гъурущ. Къачӏазе буго Шамилхъалаялде бачараб лъел мухъги.\nГӏумруялде рахъинаризе руго цогидал проекталги. Масала, ракӏалда буго Шамилхъалаялда цӏияб лъималазул ахги (300 бакӏ бугеб) бан бахъинабизе ва школалъе минаги (800 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб) базе.\nТуризм цебетӏезабизе ресал\nТуристал хьвадулел бакӏал гӏемер руго Унсоколо районалда. Гьел щола Гендерил хъаладухъе, Ахӏулгохӏде, Рихьуни росдал «Анкьго чвахело» абураб майданалде, Рихьуни ГЭСалъул хӏорихъе ва цогидал бакӏазде. Киса-кибго гьечӏониги, гӏуцӏун буго санагӏатаб инфраструктураги.\nБокьула туристазе Зуберха ва Накӏкӏимегӏералдеги рахун, тӏабигӏаталъул берцинлъиялдаса лазат босизеги. Машгьурлъулел руго лъелго хьвадулел бакӏалги. Рачӏуна гьел жидерго машинабазде район сверизеги. Гӏемерал туристал гӏахьаллъула районалда тӏоритӏулел спортивиял, масала, рекериялъул ва цогидал къецаздаги.\nЦебетӏолеб буго агротуризм, экотуризм ва дайвинг (ГЭСалъул хӏоралда, Авар ва Гӏанди гӏоразда, гьел цолъулеб бакӏалда гумузул батӏи-батӏиял тайпабазда лъедей, къецал гӏуцӏи). Рес буго кьурабазде хариялъул спорт цебетӏезабиялъеги.\nТуристазе хӏадурун буго «Цӏудул мегӏер» абураб туристазулгун краеведазул лагерь. Лъималаз хӏухьбахъизе рес буго «Накӏкӏигъветӏ» абураб гӏешдерил рохьоб цебегоялдаса хӏалтӏулеб лагералда.\nРачӏа байрамалде, хириял гьалбал!\n25 октябралда Шамилхъалаялда кӏодо гьабизе буго Унсоколо районалъул 90-сонилаб байрам. Гьелъул хӏурматалда биччазе буго «Ахихъан» абураб районалъул газеталъул хасаб номерги районалъул тарих жанибе бачараб тӏехьги.\nХӏадурун буго байрамалъул бечедаб программаги. Гьоболлъухъе рачӏине руго Авар театралъул артисталги, машгьурал кочӏохъабиги, къадруял гьалбалги.\nХӏурматиял магӏарулал! Рачӏа Дагъистаналъул тарихалда бечедаб лъалкӏ тараб Унсоколо районалъул байрам гӏахьал гьабизе!\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "bihinchiliyalul-kunaz-ugaral-giali-dur-ragulal-nuhal-kalagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bihinchiliyalul-kunaz-ugaral-giali-dur-ragulal-nuhal-kalagi", "title": "Бихьинчилъиялъул куназ угьарал, Гӏали, дур рагъулал нухал къалъаги!", "date": "2025-10-24 15:20:39", "categories": [], "text": "Тӏанусдерил цӏумал, лебалал васал, тӏадегӏанлъиялъул тӏогьазда ругел. Улкаялъул ахӏи къабул гьабурал, гӏагараб росулъе нух битӏун щваги.\nОгь! Чӏухӏун бугеб куц гьитӏинаб Ватӏан нужедаса жакъа, нижер дарманал. Росдал тарихалъул тӏохьол тӏанчазда нужер гьунаралги гьимулел руго.\nДоб Кӏудияб рагъда берал къанщарал гӏолилазе бараб памятник — гьале. Гьезул ирс босарал лебалал васаз хъвалеб буго къиса бахӏарчилъидул.\nАфгъанистаналъул хӏалбихьиялда багьадурлъиялъул мугьру кьабгӏана. Бихьинчилъиялъул куназ угьарал накъищаз къачӏана росдал гъансито.\nРосдаде къуларал мугӏрузул каранлъ нужер шапакъатал кенчӏолел руго. Ва щивасул гьаракь гъугъалеб буго Россиялъул солдат вугин живилан.\nСогӏал кьурабазул тарбия щварал тӏанусдерил васал — росдал бечелъи. Ватӏаналъул унти нужерголъарал талихӏ даимлъаги нужей, солдатал!\nГӏадамазе рокьи бикьун ругьунал, гӏадатлъи берцинал хириял тӏанус. Гӏелалъ гӏелалъухъе бикьулеб бугеб баракат тӏегьаги нужер нухазда.\nСогӏал кьурабазул тарбия щварал…\nСВОялъ дагьалъги цолъизарунин гӏадамалин абизеги бегьилищха, амма бугониги, цоцаздехун цо хасаб хинлъиги рокьиги лъугьана гьезул. Масала, нижер гьитӏинабго Тӏанусиса, шагьаразда гӏумру гьабун ругелги малъун, 80-ялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏахьаллъи гьабуна ва гьабулебги буго СВОялда. Гьедин букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалдаги. Гьедин буго жакъаги Дагъистаналъул щибаб росулъги щибаб шагьаралдаги. Росулъе щванщинахъе дун гьанже цӏала СВОялда ругел гӏолохъабазул хъизамазухъе. Гӏащикъго гӏенеккула гьез бицунелъухъ. Гьезул кумекалдалъун ккола бухьен гӏолохъаби-солдатазулгун. Согӏал кьурабазул тарбия щварал гьел батӏияллъун рукӏине ресги букӏинчӏо — улбузулги, яцазулги, ясазулги, лъималазулги ва тӏолабго улкаялъулги парахалъи цӏунулел ругел гьез цохӏо кӏалдисан гӏадин абулеб буго:\n— Цӏидасанги къисмат бищизе рес кьуни, масала, СВОялда ругеб гӏумруялъул гьале гьаб лахӏзат гьоркьоб биччазе букӏинчӏо. Умумузул бахӏарчиял нухалккун церехун ине руго, улбузул макьуги цӏунун, — илан.\nГьаб нухалда дун гьоболлъухъ щвана Мухӏамадов Мухӏамадрасулихъе ва лъади Гӏайшатихъе. Гьезул вас Гӏали СВОялда вуго, гьеб байбихьаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан.\nСолдатасул умумул, чӏахъаги нужер сабру!\nМухӏамадрасул ккола 1999 соналда Дагъистаналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчи. Гьевги вагъана гьенив, гьеб хӏалуцараб заман ахиралде щвезегӏан. Руго гьесул гӏемерал шапакъаталги орденал-медалалги. Мухӏамадрасулида лъала, бичӏчӏула ва бихьана рагъ щиб жояли. Гьеб бичӏчӏулеб букӏана дидаги, гьесухъ гӏенеккидал. Лъала гьесда Гӏали щиб гьабулев вугевалиги. Амма диргун гара-чӏвари лъугӏизегӏан, бицинчӏо гьес хӏаллъараб тамахаб рагӏи. Гӏайшатицаги бахчана магӏу. Бихьулеб букӏана гьел бахӏарчиял магӏарулазе захӏмат букӏинги, амма гьез гьеб къинабулеб букӏинги. Гьединав вуго солдатасул эмен, рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчи, дир росуцояв Мухӏамадрасул Мухӏамадов. Гьединай йиго солдатасул эбел, гӏумруялъул захӏмалъабазул бакӏлъи балъго гьабулей йигей, гьитӏинабго росулъ гӏадатияй магӏарулай Гӏайшат Дибирова. Бичӏчӏула Мухӏамадрасулида рагъул коронив вугев васасул къисмат Тӏадегӏанасул гурхӏелалдаги икъбалалдаги бараб букӏин. Лъала Гӏайшатида инсул нухдасан арав вас гьеб нухдаса кьуризе гьечӏевлъиги.\nГьасги тӏаса бищана инсул бахӏарчияб нух\nСВО байбихьарал къояз, ай, мобилизациялъул заманалда, повестка бачӏинегӏанцин чӏечӏого, ана Гӏали, Ватӏаналъул ахӏиги къабул гьабун. Тӏоцересел къоязго бичӏчӏана гьесда тӏокӏаб батӏияб нух жинца тӏаса бищизе букӏинчӏеблъиги.\n— Нижеда лъалеб букӏинчӏо Гӏали СВОялде унев вукӏин. Мобилизация байбихьанилан абураб къоялдаса нахъе рекӏее рахӏатги букӏинчӏо. Нижеда лъалеб букӏиндалха Гӏали инчӏого чӏоларевлъиги. Цо къоялъ кӏалъан вачӏана жив Украинаялде ине вугилан. Хӏатӏазда гъоркьа ракь тӏун араб гӏадаб асар гьабуна дие гьесул каламалъ. Аскӏов эхетун вукӏарав Мухӏамадрасулидаги бичӏчӏана кинабго, дихъ валагьидал. Гьес дун гӏодое йиччазаюна, нилъер вас гӏадиназин доб цӏун бугебиланги абун. Кӏудияв вац Мухӏумида бицун букӏун буго гьес. Лъималазул васигат жиндеги гьабун, къо-лъикӏ гьабунин Гӏалицайилан хадуб бицана гьес. Гьедин унел рукӏана моцӏал… Цо къоялъ абуна Мухӏамадрасулица нилъер вас отпускалъ вачӏине рагӏулин. Нахъисеб къоялъ ана Махӏачхъалаялде. Гьесул хъизан-лъимал Махӏачхъалаялда руго. Минаги буго гьениб. Амма дида ватичӏо дир цевесев аваданав, кидаго велъулев, гьимулев вукӏарав Гӏали. Рарал соназдасагицин кӏудиявги гӏун вугилан ккана. Дир Гӏали довайищ таравилан абуна дица, гьесдаги хурхунаго… Бихьулищха, нижеда, эбел-инсуда, лъалеб жо щибго букӏун гьечӏо. Цинги Мухӏумица, цӏикӏкӏарав васас бицана, — йиланги абун, къварилъахъдана Гӏайшат…\nГӏумруялъулгун къо-мех лъикӏ гьабулел лахӏзатазда\nУнел рукӏана къоял, моцӏал. Щулалъулел рукӏана рагъулаб вацлъи-гьудуллъиги, динги, мацӏги, гӏадаталги цӏехечӏого. Кинабго букӏана гӏаммаб. Гьеб киналдаго гьоркьоса бищунго къуватаблъун букӏана Ватӏаналде рокьи. Миллат цӏехечӏого, ккараб вацлъи. Унго, гьелъулъ бугебщинаб къуватги хӏикмалъиги! Хасго рагъулаб авлахъалда. Кӏиго вацгӏан цоцазе хиралъулел, гӏагарлъулел рукӏана Тӏанусиса Гӏалиги Цӏобокь-Миякьоса Мухӏамадкамилги. Цо нухалда рагъулаб тӏадкъай тӏубазе кӏиявго гьалмагъ цадахъ ккана. Гьезда лъалеб букӏинчӏо гьезул цоясе сапар ахирисеб букӏин. Цо заманалдасан бахъана гӏасияб кьвагьи. Дроназ кьвагьизабураб ва щущазабураб ракьалъ вацизавуна кӏиявго гьудул. Цадахъ рукӏаралги ана церехун. Гьезги гьал хванин абун тун рукӏун руго. Ракьулъе ккарал гьаз цоцазда абун буго нилъ холел ругилан. Гӏумруялъулго къо-мех лъикӏ гьабулел гьел лахӏзатаз гьазда цебе бачӏана рикӏкӏад тараб Дагъистан, эбелалъул магӏу, инсул сабураб гьумер. Амма гьал гӏолилал ракьалъ кӏкӏун унел рильарав рагъулав гьалмагъ — гӏурус солдат векерула гьазухъе. Гьес квераз хашалеб букӏана Гӏалидаса ракь. Кверазул килщалги рагьана гьесул. Кӏалъазе рухӏ бачӏиндал, Гӏалица гьарана жинда хьолбохъ гьудулги вугин, гьевги хвасар гьавейилан. Амма кватӏун букӏана. Ватӏалъана Гӏали гьудуласдаса… Мухӏамадкамилил хвелалъ дагьабги гӏагар гьабуна кӏиго хъизан. Дагъистаналде вачӏанщинахъе гӏедегӏула Гӏали жиндирго «кӏиабилел» эбел-инсухъе. Гӏали хвасар гьавурав гӏурус солдатасеги бокьун букӏана Гӏалил гьитӏинаб Ватӏаналде щвезе. Амма тушманасул рекӏкӏаб гуллица чӏван лъуна гьеб анищги. Гьечӏо чӏаго магӏарулав хвасар гьавурав гӏурус солдат. Амма гьес нахъе тана жиндирго рагъулаб нухалъул гвангъараб тарих. Цохӏо Эбел-Ватӏаналъул васазул талихӏаб къиса цӏидасанги тӏадбуссун бачӏунеб буго гьаб нухалдаги.\nМахӏачхъалаялда больницаялда сахги гьавун, Гӏали цӏидасанги тӏадвуссана Запорожьеялде.\n— Дица хӏаракат бахъулеб букӏана вас рокъов хутӏизавиялъе. Гӏададисеб иш букӏин бичӏчӏизабуна гьес. Мухӏамадрасулидаги бичӏчӏулеб букӏана гьеб гӏададисеб иш букӏин. Лъица щиб бицаниги, Гӏалида рокъов чӏезе ракӏалдацин букӏинчӏо. Аллагьас нухбитӏун руссаги нилъер солдатал, — илан абуна Гӏайшатица, ракьалде рортун ине хӏадурун ругел магӏил гаралги рацӏцӏунаго.\nЭбелалъул магӏу. Тӏухьигӏан бакӏабги. Хӏулигӏан недегьаб-хӏеренабги. Унго, гьелъул бацӏцӏалъиги. Гьеб цин гьалдола, цин гьалаглъула, цинги гьеб сабруялъ беэдула ва гьелъул каранда бетӏерги лъун, гӏодобе буссун уна…\nНижеца хабар бицунелъул, Мухӏамадрасул къватӏиве-жаниве хьвадулев вукӏана. Бихьулеб букӏана гьесиеги бигьа гьечӏолъи. Гьанже ахирисеб рагӏи инсуейилан дица абидал, пашманго гьимулаго, гӏодов чӏана гьев.\n— Нилъер Ватӏан цо буго. Дида лъала Ватӏаналъул хиралъиги. Хасго рагъулаб авлахъалда гьелъ нилъ реэдун толеб куцха. Дол соназ дида цадахъ букӏана гӏагараб росдал махӏги тӏагӏамги. Гьелъго цӏунун ватила дунги. Долдаса нахъе ана гӏуралго сонал. Амма гьаб ункъабго соналда жанир цӏилъулелго цӏилъулел руго дол тарал ругънал. Чан рагъулав гьудул камурав. Чан батӏияб миллаталъул васаз цӏунарал дол соназ Дагъистаналъул мугӏрул. Жакъа ирга щвана нилъеде. Гӏалил хӏукмуялда дунги разияв вуго. Цохӏо дун гурелъул гьадинав эмен вугев, вас тӏадвуссиналъухъ валагьун чӏарав. Дун гӏадал умумул аза-азар руго, — ян абуна гьес.\nУнго, дур хӏикмалъи, рагъулаб вацлъи!\nРуго Гӏалил рагъулал шапакъаталги. Цо шапакъатгӏаги жиндихъ тейилан гьаридал, тун букӏаниланги абун, бихьизе бачӏана Гӏайшатица «За храбрость первой степени» медальги. Гӏали ракӏалде щведал, гьалде бикьулин жинца ургъелилан абуна гьелъ, загӏипго гьимулаго.\n— Жеги шапакъатазе вихьизавун вуго Гӏали. Амма бицунеб гьечӏо гьес, «Сюрпризиланги» абун. Дир васасул «вац» Мухӏамадкамилги вихьизавун вукӏана (хун хадув) Бихьинчилъиялъул орденалъе, — ян тӏадеги жубана Гӏайшатица. Видеобухьеналдасан суалалги кьуна дица Гӏалие. Цӏидасанги тӏаса бищизе рес букӏарабани, гьабго нухдасан инаанищ мунан абураб суалалъе гьес, ургъичӏого кьуна жаваб:\n— Инаан. Гьале гьал захӏматал нухаз тӏамуна дун гӏумруялъул пикру гьабизе. Гьанир гурищ дида ратарал унго-унгоял гьудулзаби. Бичӏчӏана рагъулаб вацлъи-гьудуллъиялъул къиматги къуватги, — ян абуна гьес.\n«Ватӏан» абураб рагӏул магӏна хисарабищ дуейилан суалги кьуна дица:\n— Ватӏаналдаса рикӏкӏад гурони гьелъул къиматго лъалеб букӏун гьечӏо. Унго, гьелъул хиралъи! Унго, гьелъул тӏагӏам! Гьелъул сипат цебесаго унеб букӏинчӏо.\nГьадинал руго нилъер гӏолохъаби, согӏал кьурабазул тарбия щварал, чарангӏан къвакӏарал дагъистаниял!\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "ruhiiyab-irsalul-hazina", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ruhiiyab-irsalul-hazina", "title": "Рухӏияб ирсалъул хазина", "date": "2025-10-24 15:33:18", "categories": ["rel"], "text": "Гьал къоязда, гӏуцӏаралдаса нусго сон тӏубаялъул юбилей гӏатӏидго кӏодо гьабуна Северияб Кавказалда бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб Дагъистан Республикаялъул Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб миллияб музеялъ.\nГьеб тадбир тӏобитӏараб куцалъул, музеялъул тарихалъул ва хӏалтӏул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна музеялъул генералияв директор Мухӏамадов Пахрудин Гӏумаровичасулгун.\n— Пахрудин, байбихьилин тарихалдаса. Музей кида гӏуцӏараб, лъил хӏаракаталдалъун ва киб?\n— Музеялъул тарих байбихьула 1898 соналдасан. Гьельие байбихьи лъуна Темир-хан-Шураб букӏараб пачаясул Россиялъул рекӏаразул полкалъул штабс-лекарь Иван Семенович Костемировскияс. Гьев вукӏана нилъер ракьги гьелъул халкъалъул махщелчагӏиги рокьулев чи. Жиндирго гӏумруялъул ахиралда гьес гьабуна кӏудияб васият. Гьелъул тӏоцебесеб пункталда хъван букӏана Дагъистаналда кустарный промыслабазул (квераз гьарурал тӏагӏелазул) музей гӏуцӏеян абун. Музей гӏуцӏиялъе гьес бихьизабун букӏана 2779 гъурущ гӏарцулги.\nИ. С. Костемировский гӏумру гьабун вукӏана Гъоркьа Жунгуталда. Хъизан-рукъги гьесул букӏинчӏо. Гьесул мурад букӏана халкъиял махщелчагӏазул искусствоялъул асарал: халичаби, нусал, хунжрул, кӏилкӏал, баргъичал, пахьул тӏагӏелал-гулгунал, гӏертӏал, парччаби ракӏари ва цӏуни.\nГьеб васият тӏубазабизе тӏаде босана Темир-хан-Шура гӏумру гьабулев вукӏарав, машгьурав, лъай тӏибитӏизабулев чи Евгений Козубскияс. Музей гӏуцӏиялъул комитеталда лъабго соналъ хӏалтӏана гьев.\nАхирги 1913 соналъул 6 маялда музей рагьана Темир-хан-Шураб Дагъистан областалъул губернаторасул минаялъул чанго рокъоб (гьанже гьеб ккола Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб педколледжалъул цо корпуслъун). Гьелда абулаан Костемировскиясул цӏаралда бугеб кустарный музей абун.\n— 1913 соналда музей рагьун батани, музеялъул тарих нусго сон гуреб, 112 сон кколеб гьечӏищ?\n— Музейин абуниги, гьеб букӏана жеги гӏадамазда рагӏичӏеб, дагьалго экспонатал гурого гьечӏеб бакӏ.\nОфициалияб къагӏидаялъ музей рагьана Совет власть Дагъистаналда щулалъараб 1925 соналъул апрель моцӏалда.\nХӏуригат. Общественнияб гӏуцӏи хиси\n1917 соналда Россиялда Октябралъул революция бергьана. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда букӏана бичӏчӏизе кӏолареб хӏалуцараб ахӏвал-хӏал, граждан рагъ. Музеялде регӏараб хӏал букӏинчӏо. Гьел соназда музеялъул экспонатазул цо бутӏа хъамихъул гьабун тӏагӏана, дагьабго бутӏа гурони нахъе хутӏичӏо.\nДагъистаналда тӏубанго советияб власть бергьиндал, Дагъревкомалда цебе гӏуцӏула искусствоялъул отдел. Гьеб мехалъ ракӏалде щвана музейги. Лъабнусго экспонаталъул 70 гурони хутӏун батичӏо.\nГьел экспонатал Темир-хан-Шураса (1921 соналъул 14 маялдаса Буйнакск) Порт-Петровскиялде (1921 соналъул 14 маялдаса Махӏачхъала) рачана ва гьеб гьабуна Дагъистаналъул тахшагьарлъун.\nГьеб 70 экспонат букӏана цӏияб музеялъе кьучӏлъун. Музей букӏана халкъияб лъай кьеялъул Комиссариаталъул тӏалабалда. 1922 соналда лъай кьеялъул комиссарлъун тӏамуна революционер, машгьурав политикияв хӏаракатчи Гӏалибег Тахо-Годи. 1923 соналда гьесул бетӏерлъиялда гӏуцӏула Дагъистаналъул музеялъулаб комитет. Ва байбихьула тӏадчӏун гьеб хӏалтӏи цебе бачине.\nГӏалибег Тахо-Годица гьеб ишалде Пятигорскиялдаса Дагъистаналде ахӏула Дмитрий Павлов, Воронежалда гьавурав, Харьковалда университет лъугӏарав филолог. Кавказги гьелъул тарихги бокьулев чи вукӏана гьев. Гӏумру гьабун гьев вукӏана Пятигорскиялда. Д. Павлов тӏамуна музеялъул тӏоцевесев директорлъун.\n— Музеялъул бечелъи буго фондазда экспонатазул къадар цӏикӏкӏин. Дуца абухъе, 70 экспонат гурого букӏинчӏеб фонд цӏикӏкӏиналъе щиб гьабураб?\n— Гӏалибег Тахо-Годи вукӏана гӏорхъи гьечӏого гӏагараб Дагъистан бокьулев патриот, гьеб цебетӏезабизе къеркьолев, нилъерго ва дунялалъулго культураялде нилъер халкъ цӏазе хӏаракат бахъулев интеллигент. Живгоги гьев вукӏана лъай бугев чи. Гьесие бокьун букӏана музеялда художественнияб отдел гӏуцӏизе. Гьесул чӏахӏиял бухьенал рукӏана улкаялдаго цӏар рагӏарал гӏемерал тарихчагӏазулгун, гӏалимзабазулгун.\nДагъистаналъул музеялде экспонатал кьеян гьес гӏарза-кагътал хъвала СССРалъул чӏахӏиял музеязде. Гьелдаса хадуб бечедал коллекциял рачӏана Гуржиязул Рагъулабгун тарихияб, Румянцевасул цӏаралда бугеб, Пушкинил цӏаралда бугеб музеяздаса, Эрмитажалдаса.\nДагъистаналъул хӏукуматалъ музеялъе кьуна Махӏачхъалаялда дол соназ бищун чӏухӏараблъун рикӏкӏунеб букӏараб Инженернияб къотӏноб бугеб мина (гьанжесеб Р. Хӏамзатовасул къватӏалда бугеб проспект). Гьеб мина букӏана гьанже Ленинград гостиница бугеб бакӏалда.\nАраб гӏасруялъул лъеберабилел соназда цӏакъ цебетӏун бачӏана краеведение, ай гӏагараб ракь лъазаби. Гӏагараб ракь лъазаби, гьелъул тарих лъай — гьеб ккола гӏелмуялъул кьучӏ, битӏун абуни, гьелъул база. Гьелъие бищун цӏикӏкӏун хӏаракат бахъулев чи вукӏана живго Гӏалибег Тахо-Годи. Гьел соназда рагьана культураялъул гӏелмияб цӏех-рехалъул институт (НИИ). Гьелда цебелъураб масъала букӏана Дагъистаналъул культура ва тарих лъазаби.\nГьел арал соназда музеялъ чанго батӏияб цӏар ва бакӏ хисана.\n2017 соназда музеялда цӏар лъуна Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул миллияб музей абун.\n— Кигӏанасеб къадар экспонатазул музеялъул фондалда бугеб?\n— Нилъер музей ккола Северияб Кавказалда гуребги, тӏолабго Россиялъул югалда бищун кӏудияб ва бечедаб музей. Республикаялъул шагьаразда, районазда, росабалъ нижер буго 33 филиал, тахшагьаралда щуго филиал. Кинабниги музеялъул фондазда буго 180 азарго экспонат.\n— Газетал-журналал цӏалулезул къадар дагьлъулел ругин абулеб буго. Библиотекабазде рачӏунелги къанагӏалъун руго. Музеялде гӏадамал рачӏиналъул рахъалъ иш кин бугеб?\n— Музей гьеб буго миллаталъул хазина, рухӏияб ирс бакӏарараб къиматаб гъамас. Нижехъе рачӏунезул къадар къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб буго. Музеялде рачӏунел руго нилъерго дагъистаниял гурелги, Россиялъул регионаздаса, хӏатта къватӏисел улкабаздаса республикаялде рачӏунел гьалбалги. Ахирал соназда цӏакъго гӏемер щолел руго Дагъистаналде рачӏарал туристалги.\nМисалалъе, 2024 соналда музеялде вачӏун вуго 124 азаралда 979 чи. Гьаб соналъул араб ичӏго моцӏалда жанивин абуни 127 азаргоялда 431 чи.\n— Командировкаялъ щведал, магӏарул росабалъ ратула къиматал экспонатал цӏунарал бечедал музеял. Мисалалъе, гьединаб музей бихьана Цӏунтӏа районалъул Шагьикь росулъ Мухӏамадов Гӏабдулмуслимил, Казбек районалда Буртунай росулъ Байбулатов Камилил минабазда. Цӏакъго бечедаб буго Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъ Ибрагьим Ибрагьимовас гӏуцӏараб музей. Гьел музеял нужер филиалаллъун гьаризе бегьуларищ? Ялъуни гьенир ратани тарихиял, кӏвар бугел, къанагӏатал экспонатал, музеялъе росизе бегьуларищ?\n— Чӏиркъатӏа бугеб музей нижеца филиаллъун гьабуна. Дуца рехсарал гурелги, магӏарулазул, Дагъистаналъул гӏемерал росабалъ, районазда руго краеведаз, тарих бокьулез гӏуцӏарал музеял. Гьел киналго нижер филиалаллъун гьаризе хӏалкӏоларо, ресги букӏунаро, хӏажалъиги гьечӏо. Цӏакъго къиматаб тӏагӏел-экспонат бугони, Культураялъул министерствоялда цебе буго фондовая закупочная комиссия. Гьеб комиссиялъ музеялъе бичун босизе бегьула гьединаб экспонат.\n— Музеялда ругел экспонатал рихьизаризе Россиялъул цогидал музеязда выставкаби гьарулищ?\n— Щибаб соналъ улкаялъул анлъго-анкьго чӏахӏиял музеязда тӏоритӏула нижеца выставкаби. Гьел нижехъеги рачӏуна, выставкаби тӏоритӏизе.\n— Кинха тӏоритӏарал юбилеялъулал тадбирал?\n— Бачӏинахъего абила, гьел анин ниж разияб хӏалалда, тӏадегӏанаб даражаялда. Гьанибго абила, нижеда баркизе рачӏун рукӏана федералияб ва регионалияб 45 музеялъул вакилзаби. Юбилей тӏобитӏулеб тадбиралде ахӏун рукӏана, цереккун музелда хӏалтӏарал, гьанже хӏалхьиялда ругел ветеранал, тӏолабго республикаялдаса нижергун пишацоял — музеялъул хӏалтӏухъаби. Баркала буго юбилей тӏобитӏиялъе кумек ва квербакъи гьабураб республикаялъул Культураялъул министерствоялъеги.\n8-9 октябралда хӏадурун букӏана лъабго выставка, кӏиго ретро, цо жакъасеб музеялъул бицунеб. 8 октябралда Гӏурус театралда тӏобитӏана рохалилаб данделъи. Театралъул жанахӏалъуб лъун букӏана музеялъул тарихалъул бицунеб кӏудияб тематикияб выставка. Гьенир лъун рукӏана батӏи-батӏиял архиваздаса, фондаздаса хасал гӏадамазул коллекцияздаса цересел суратал.\nРохалилаб данделъиялда музеялъул хӏалтӏухъаби кӏодо гьаруна шапакъатаздалъунги: щуго хӏалтӏухъанасе кьуна «Дагъистан республикаялъул Культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏар, цоясе лъабабилеб даражаялъул Дагъистан Республикаялъул хӏурматалъул орден, кӏигоясе кьуна хӏаракаталъулаб захӏматалъухъ медаль, цоясе Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб медаль.\nИчӏабилеб октябралда музеялда тӏобитӏана гӏадатлъун лъугьараб Гӏалибег Тахо-Годил цӏалиял (чтение) ва гӏелмиябгун практикияб конференция. Тӏаде рачӏарал гьалбадериеги гӏуцӏун букӏана культурияб программа. Гьел экскурсиялъ рачана некӏсияб Дербент шагьаралдеги тарихиялгун тӏабигӏиял памятникал ругел цогидал бакӏаздеги.\n— Бакӏ ккун букӏаго абила, мун Ругъжаса чиги вугелъул, Махӏачхъалаялда бугеб Гӏабдурахӏман Данияловасул мина чӏунтизе тун буго. Гьеб къачӏаялъе ва гьениб музей гьабиялъе тӏалаб гьабизе бегьуларищ нужер росуцояз?\n— Росулъ Гӏ. Данияловасе музей гьабун буго. Махӏачхъалаялда гьеб мина къачӏазе ва музей гьабизе нигатгун 4-5 соналъ цебе ниж рагъарун рукӏана. Гьелъул бетӏергьан кколей йиго Гӏабдурахӏманил вас Махӏачил йикӏарай лъади. Гьелъ изну кьечӏо. Хӏасил-калам, Гӏабдурахӏманил ирсилал цо хӏукмуялде рачӏани, нижеца гьеб мина къачӏаялъулъги музей рагьиялъулъги гӏахьаллъи гьабизе буго.\n— Магӏарул газеталъул коллективалъул рахъалдасанги баркула, Пахрудин, дуда ва тӏолабго коллективалда музеялъул гӏасрудал байрам. Гьарула нужее сахлъи, хӏалтӏулъ икъбал.\n— Баркала.\nГара-чӏвари гьабуна Пайзула Пайзулаевас.\nБаян\nПахрудин Мухӏамадов гьавуна 1970 соналда Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъ. Росдал школа лъугӏун хадув цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул финансазул техникумалде, хадув ДГУялъул экономикияб факультеталде. 1994-2011 соназде щвезегӏан хӏалтӏана федералияб налогазул хъулухъалъул республикаялъул управлениялда.\n2011-2017 соназда вукӏана Гъуниб районалъул бетӏерлъун. Гьев ккола экономикиял гӏелмабазул кандидат. 2017 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб республикаялъул миллияб музеялъул генералияв директорлъун."}
{"slug": "hiusen-kazievasul-giumruyalul-dramagi-hiaze-shhvechieb-rolgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hiusen-kazievasul-giumruyalul-dramagi-hiaze-shhvechieb-rolgi", "title": "Хӏусен Казиевасул гӏумруялъул драмаги хӏазе щвечӏеб рольги", "date": "2025-10-24 15:38:03", "categories": ["lit"], "text": "Авар театралъул 90 сонил тарихалда жаниб гьелъ магӏарулазе сайгъат гьаруна чанги гьунар тӏокӏал, такрарлъи гьечӏеб махщалил артистал. Гьеб сияхӏалда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ ккола Дагъистаналъул халкъияв ва РФялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевасги. 8 октябралда гьесул гӏумруялъул тӏубана 80 сон.\nХӏусенида юбилейги баркизе, гьесул гӏумруялъул нухде цоги нухалъ берги щвезабизе церегӏанго къоязда машгьурав артистасухъе гьоболлъухъе ун рукӏана ниж.\nЖиндиего хасиятаб къагӏидаялъ аваданаб ракӏгун, щивасе рекъолеб махсараялъулаб каламгун дандчӏвай гьабуна Хӏусеница.\nАхирал соназда сахлъиялъул иш дагьаб нахъеккун букӏаниги, щибниги хӏал лъазе биччачӏого, гьурмада гьимигун, гӏужилаб каламгун, рагьараб ракӏгун — щибго тӏаса камичӏого гьадавго магӏарулазе хирияв Хӏусен вуго гьев гьабсагӏатги.\nКиданиги лъугьинчӏо гӏадамал релъизаризе\n— Цо-цояз гьабсагӏатги дун вихьараб лахӏзаталъ абула, гьалейила дов, гӏадамал релъанхъизарулев чийилан, — байбихьана Хӏусеница бицине. — Амма дун киданиги залалъув вугев чи велъизавизейин абураб мурадгун сценаялде вахъинчӏо. Дир тӏубанго батӏияб масъала букӏана. Дие бокьун букӏана дица хӏалев героясул жанисеб рахъ — гьесул гӏамал-хасият, психология бихьизабизе. Дица кигӏан жавабияб драмаялъулаб роль хӏаниги, релъулел рихьулаан залалъур гӏодор чӏарал.\nГьанже бицана, «Камалил Башир» драмаялда, Башир чӏвазе Камалица гӏащтӏи борхулеб мехалъ релъулел рукӏанила залалда цо-цо чагӏи. Гьеб битӏун гьечӏо. Дида ккола гьениб гӏемераб жо бараб бугин режиссерасдаги, роль хӏалев актерасдаги. Тӏуванго гьеб ролалда жанив вуцун гьавурав гӏадин лъугьине ккола гьев, залаллда гӏодор чӏарал божизе ккани, гьезие унго-унгояб асар гьабизе бокьани.\n— Тӏоцебесеб роль ракӏалда бугищ? Театралде сунца мун цӏарав?\n— Магӏарул театр дие кидаго хирияб букӏана. Гьитӏинав чи вукӏинарищха дун доб мехалъ, тӏоцебе росулъе театр бачӏиндал. Доб мехалъ гьелъухъ балагьизе билет босизе гӏарац нижер букӏунароан, нижехъе кьезе эбел-инсулги букӏунароан гӏарац. Захӏматал, рагъда хадусел сонал рукӏана гьел.\nАмма щиб рес батунги спектаклялде ворчӏизе гӏамал гьабулаан росулъ. Нуцӏихъан ине щвечӏони, гордухъан, гордухъан рес ккечӏони, гъоркьарокъосан ворчӏизе хӏаракат бахъулаан. Гьедигӏанги хирияб букӏана театр. Амма доб мехалда актерлъун цӏализе ине бокьун бугин абун букӏарабани, щивго божилароан.\nШкола лъугӏидал, документал кьуна ДГУялъул филологияб факультеталде. Тӏоцебесеб курс лъугӏараб мех букӏана, радиоялдасан рагӏана Тбилисиялъул Шота Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталде гӏолохъаби цӏализе росулел ругин абураб лъазаби. Гьеб мехалъ гъира ккана дирги. Кин букӏаниги, цин Авар театралъул директорлъун дол соназ вукӏарав Мухӏамад Батировасухъе ана пикру дандбазе. Доб мехалъ театр Буйнакскиялда букӏана. Хӏалтӏизеги восилин, цӏализе айилан абуна гьес. Щвана дунго цӏалулев вукӏараб университеталъул ректорасухъе, хъвана гӏарза ва сапар бухьана Типлисалде. Ахиралде щвезегӏан гьениве унев вукӏин бахчана, хӏатта эбел-инсудацин лъалароан. Типлисалде унеб къоялъ бицана гьезда. Щивлъун цӏализегӏаги унев вугевилан цӏехана инсуца. Артистлъунилан жаваб кьуна дицаги. Гӏумруялъго артистлъи гьабизе цӏализе унев ватани, расги лъикӏаб жо гуроха гьеб, дир василан кӏалъана эмен. Инсуда бичӏчӏулебгӏаги букӏун батилаха артистасул гӏумру кинаб жо букӏунебали. Гьедин ана театралияб институталде. Иналдаса ракӏги бухӏичӏо.\nГӏасрудул бащалъи сценаялъе кьуна\n— 1969 соналъ институтги лъугӏун, артистасул дипломгун вуссана Дагъистаналде. Театрги 1968 соналъ Буйнаксиялдаса Махӏачхъалаялде гочун букӏана. Гьелдаса нахъе байбихьанин абизе бегьула театралъул гӏумруялъул цӏияб тӏамач. Гьеб цӏияб гӏумрудул чвахиялда гьоркьове жувазе щвана диеги.\n— Щивгун цадахъ ролал хӏазе бигьаго букӏараб?\n— Батӏи-батӏиял рукӏунаха актерал. Цоял цадахъ роль хӏазе бакӏал, гӏамалги, хӏалги, пикруги рекъезабизе кколел. Мисалалъе, мунагьал чураяй Сидрат Мажидовалда цадахъ роль хӏазе бигьаго букӏунаан. Амма цо нухалда, цадахъ цо спектаклялда роль хӏазе кколей йикӏарай гьейги унтун, гьелъул бакӏалде ячӏана мунагьал чураяй Патӏимат Хизроева. Щиб ккарабали лъаларо, амма гьелъ жиндирго квераз дир кӏиябго квер ккведал, дида текст кӏочана. Дой дунгун хӏазе кколей йикӏаралъул кверал рукӏана хӏеренал, тамахал. Кӏалдибе лъим босарав гӏадин вуцӏцӏун чӏарав дихъги ялагьун: «Мун щай кӏалъаларев?» — абун гьикъана Хизроевалъ. Амма дида хваниги текст ракӏалде бачӏинчӏо. Кинго дун кӏалъачӏеб мехалъ: «Гьа, дун кингоги ячӏунаро дуе», — ян диде кверги хьвагӏун ана гьей сценаялдаса нахъе.\n— Патӏимат, дур кинаб бербалагьи букӏараб гьединал лахӏзатаздехун? Мун щакдарулаанищ Хӏусенида, — ян цӏехана нижеца гьесул лъадуда.\n— Киданиги щакдаричӏо. Гӏолохъанаб заманалда цо-цо гьединал жал рукӏаниги, киданиги лъазе течӏо дирго ракӏхвей. Гьев дихъа лъицаниги вахъулареблъи лъалеб букӏун батилаха, — ян абуна гьелъги елъулаго.\n— Дурги гьалъулги лъай-хъвай кинха ккараб, Хӏусен?\n— Дица театралияб институт лъугӏараб сон букӏана. Типлисалда йикӏарай гьалъул гьалмагъалъ алъухъе битӏараб цо посылка букӏана дихъе кьун. Патӏимат йикӏана пединституталда цӏалулей. Гьенивго цӏалулев вукӏана дир вацги. Хадуй, гьалмагъгун цадахъ дица гьей ахӏана спектаклялде. Гьедин ккана нижер лъай-хъвай. Гьелдаса нахъе цадахъги руго.\n— Иргадулаб ролалде хӏадурлъи кин унеб артистазул? Сундулъ бугеб хаслъи?\n— Театралде пуланав авторасул пьеса бачӏиндал, гьеб цин къабул гьабизе ккола театралъул худ. советалъ. Гьез тасдикъги гьабун, мугьруги кьабун гурони гьеб нижехъе кьоларо хӏазе. Лъица щиб хӏазе бугебали цебеккунго дандги бала.\nЦогидал актераз кин гьабулебали дида лъаларо, амма хӏазе бугеб роль дихъе кьун хадуб гьеб лъикӏ, ахха-тӏараде щун лъазабула. Пьесаялда жанив гьев герой щив кколев, кинав чи вугев, гӏамал-хасият, пикру гьабулеб къагӏида, ретӏа-къай, гьев кӏалъалев куц — кинабго рагӏа-ракьанде щун лъикӏ цӏалула, лъазабула. Гьелде тӏадеги дицаго жубала гьесул жанисеб психология, гьесул гьаракьалъул хаслъи, гьетӏа-къули, велъулеб къагӏида — жанисебги къватӏисебги образ, тӏабигӏат, сипат-сурат мухӏканго диего рагьула. Гьедин малъулаан нижеда театралияб институталда цӏалулеб мехалъ.\nГьелдаса хадув вахуна сценаялде, лъазабула сценарий. Гьебги, рекӏехъе цӏалулеб кечӏ гӏадин гуреб, гьеб лъазабулеб къагӏидаги батӏияб букӏине ккола актерасул. Мисалалъе, кечӏ гӏадин гьебги лъазабун цеве вахъани, гьеб роль кколаро, дуца гьеб рекӏелъан биччазе ккола. Кӏиго сагӏаталъ гӏумру гьабизе ккола пуланав чиясул образалда. Дур гьаракьги хисизе ккола. Гьабсагӏат мунги дунги кӏалъалеб мехалъ гӏадаб гьаракь бугони, гьеб данде кколаро сценаялда. Дуца гьабураб калам рагӏизе ккола залалъул щибаб бокӏнилъе.\nКиноялда хӏалев артистасул роль тӏубанго батӏияб букӏуна. Гьенив щивав героясе дандекколеб лага- черх тӏаса бищизе рес букӏуна режиссерасул. Мисалалъе, цо пуланаб роль хӏазе гьенив анцӏго чицин вукӏуна вихьизавун. Гьелда абула кастингилан. Гьев анцӏавго чиясда гьоркьоса тӏасавищун ахиралда тасдикъ гьавула цо чи. Диего киноялдасаги театралда хӏазе бигьаго букӏуна. Киноялда, мисалалъе, хасалил заман бугони бищун ахиралда, гьеб бищунго цебе бахъула. Хадуб кӏочона тӏоцебе хӏан букӏараб эпизод. Гьедин щибаб дубль батӏаго, бутӏа-бутӏабиккун рахъулел рукӏиналъ, киноялда мун хадув гъоларо цо-цо жалазда. Театралда бигьаго букӏуна.\nШекспирил Гамлетги, къирал Лирги\n-Хӏусен, 1969 соналдаса нахъе гӏемерал ролал хӏана дуца. Гьединго 2021 соналъ дуца хӏадур гьабураб «Кьурулъ хутӏарав Гӏалиги» лъикӏ къабул гьабуна магӏарулаз. Режиссер хӏисабалда, рукӏанищ рагӏалде рахъинчӏого хутӏарал хӏалтӏаби?\n— Дида ракӏалдани гӏемерал жал рукӏана, мунагьал чураяв Салихӏ Имангъолов хваралдаса диде хьулги букӏана Авар тетралъул. «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» малъичӏого, дица жеги чанго маргьаги хӏадурана Авар театралъул сценаялъе. Гьелги лъуна. Гьединго рукӏана жеги хӏисабалде росарал цоги проектал. Амма Бетӏергьанас батӏайиса хъван букӏун буго, щибха гьабилеб?\nАктер хӏисабалда, диего бокьун рукӏаразда гьоркьоса хӏачӏого хутӏарал ролал рукӏана Шекспирил «Къирал Лир» драмаялдаса ханасул ва Гамлетил ролал. «Къирал Лир» дицаго магӏарул мацӏалдеги буссинабун, гьабсагӏатги дир рокъоб буго гьеб гӏодоб лъун. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, сценаялда лъечӏого хутӏана.\nШекспирил Гамлет буго гӏолохъанав актерас хӏазе кколеб роль. Театралде вачӏаралдаса нахъе дида кидаго гӏолохъанчиясул роль хӏазе тӏадкъалаан. Сонал аниги, дун гьеб образалъе дандекколевлъун хутӏана. Дир я чехь бачӏинчӏо, я кӏаркьаби гургинлъичӏо. Лага-черхалъул чӏурканлъиялда барабги гӏемераб жо букӏунелъул актерасул хъулухъалда. Мисалалъе, бакътӏерхьул пачалихъазда, гьединго Россиялъул театразда буго кьварараб низам — дуца мунго вичча-вихъан тани, кьаралъизе лъугьани, я харжалдаса махӏрум гьавула ва духъе ролал кьоларо, ялъуни тӏуванго театралдаса нахъе витӏула. Нужедаги рагӏун батила, киноялда цо пуланаб роль хӏазе ккани, актер 20 килограммалъ хӏалакълъизе кколин цебе шартӏ лъолаан. Гьедин гьабизеги ккола. Актер вукӏине ккола «речӏчӏани къадалъ, къосани хӏоболъин» абухъе. Бичча-бихъан къаркъалаги тани, тӏаде килограммалги рачӏани, черхалъул чӏурканлъи гуребги, берцинлъиги хола. Гьединлъидал дица гӏемер абула театралъул жакъасел гӏолохъанал актеразда: нужедаго хадуб халкквей, чучлъизе чӏоге, кьаралъизе рукӏунгеян. Бищунго кьварарарал судияллъун нилъго рукӏине ккола, цогидаз гӏайибчӏвалеб хӏалалде ккечӏого рукӏине.\nХӏакъикъаталдаги гӏемераб хабар ккана нижер гьеб къоялъ. Хабар-каламги букӏана ракӏ рагьараб, аваданаб, махсара-хочӏ гӏемераб. Машгьурав актерас ракӏалде щвезаруна жакъа нилъгун гьечӏел, театралъул тарихалда кӏочонареб лъалкӏ тарал артисталги: Гӏабдурахӏман Магаев, Басир Инусилов, Зайнаб Набиева, Гӏайшат Къурбанова, Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, Муса Гӏабасов, Асият Мамаева ва цогидалги. Гьайгьай, тӏадехун цӏарал рехсарал Патӏимат Хизроевагун Сидрат Мажидоваги.\nМакъалалялъул байбихьуда абухъе, исана 90 сонил тарихалъул тӏамач нахъехун бегулеб буго нилъер миллияб театралъ. Гьелъ нахъа тараб бечедаб, хвел гьечӏеб нухда цӏализе бегьула гьединалго хвел гьечӏел артистазул машгьурал цӏаралги. Гьел цӏаразда гьоркьоб мустахӏикъаб рукӏелги ккун, наслабазе мисалъун хутӏила Хӏусен Казиевасул цӏарги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "bugelda-giej-gabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bugelda-giej-gabi", "title": "Бугелда гӏей гьаби", "date": "2025-10-31 15:43:27", "categories": ["history"], "text": "Бетӏергьанас щивав чи вижун вуго батӏи-батӏияб гӏамал-хасиятгун, гьунар-махщелгун, тӏомол кьергун. Цоязе кьун буго берцинлъи, цогидал руго куц гьечӏел, лъабабилезе кьун буго бечелъи, ункъабилел руго мискинлъиялда. Цоял руго махщел бугел, цогидал — махщаликъал. Цоязе кьун буго гӏакълу, цогидазе — сахлъи. Цоязе кьун буго къуват, цогидазе — загӏиплъи… Палхӏасил, Аллагьас щивасе кьун буго рекъезабун ва Гьесул хӏукмуялде данде рахъин ккола Бетӏергьанасул къадаралда разилъунгутӏи, Гьесул хӏикматалда божунгутӏи. Дунялалъул рокъоб ритӏухълъи цӏунун гьечӏин ракӏалде ккейцин буго Аллагьасде данде рахъин. Гьебин абуни буго рекӏелъе бачӏинецин бегьулареб хиял. Бетӏергьанасда лъикӏ лъалелъулха лъие-щиб кьезе кколебали ва щив-кин вижизе кколевали. Нилъедайин абуни тӏадаб буго Аллагьас кьуралда разилъун чӏезе ва Гьесие аза-азар рецц гьабизе. Разилъун чӏеялда жаниб буго маслихӏатги, жакъа дунялалда ва метер ахираталда нилъее щвезе бугеб сайигъатги.\nГӏемерисел гӏалимзаби, диналъе ритӏухъал гӏадамал рукӏана мискинзаби. Гьезул букӏинчӏо я кӏудияб мина, ялъуни гӏемераб боцӏи-мал. Гьел рукӏана Аллагь лъаялъул нухда ругел, гӏибадаталда тӏадчӏарал чагӏи. Гьезул киданиги зигара-бакъги букӏунароан гьеб-доб гьечӏин абураб. Гьел кидаго рукӏунаан Аллагьас кьуралда разилъун, Гьесие рецц гьабулеллъун ва гьелдаго цадахъ гӏадамазе лъикӏлъи гьабиялъул нух ккураллъун. Гьел рукӏана талихӏал гӏадамал ва гьеб талихӏ гьез бикьулаан цогидазеги. Гьезул букӏинчӏо бечелъи, амма букӏана пайдаяб хӏалтӏи.\nРесалда ругел гӏемерисел бечедал чагӏийин абуни кидаго рукӏана боцӏи-малалъул ургъалида, гьеб данде гьабулел ва гьелдалъун жал рижарав Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталъе загӏипал. Гьединазда жидерго бечелъиялъул батичӏо талихӏ ва халкъалъе букӏинчӏо абизегӏанасеб пайда. Гьеб хӏужаялъ цоги нухалда ритӏухъ гьабула гьаб ракьалда тӏад аслияб жо бечелъи гуреблъи. Гьоболлъухъ вукӏаго дунявияб бечелъи данде гьаби гӏакълу бугесул пишаги гуро. Ахир нилъ руссунеб рукъ батӏияб бугелъул, гьенибе босизе давла хӏадур гьабичӏев, хӏакъаб жо, чӏового хутӏула.\nЖидер цӏарал абадиялъего нахъе хутӏарал гӏемерисел исламиял гӏалимзаби рукӏана мискинал, ресукъал, загӏипал ва куц-мухъ мукъсанал. Гьединазда гьоркьор рукӏана хӏатта параличалъ ккуралги тӏубанго беццалги. Гьедин бугониги, гьезул цӏар тарихалда хутӏана, ва гьединаз наслабазе гӏемераб рухӏияб бечелъиги нахъе тана. Гьезул гӏелмиял хӏалтӏабаздаса жакъаги пайда босула тӏолабго инсанияталъго.\nНилъеда кӏочене бегьуларо Бетӏергьанасул илчизаби, аварагзаби, ай махлукъаталда гьоркьоса бищунго лъикӏал гӏадамал гӏухьбилъун рукӏараблъи. Масала, Давуд аварагас гьарулаан къолдаби, Закария вукӏана цӏулал устар. Гьединлъидал нилъер хӏакъикъияб къимат буго гьунар-махщалилъ, гӏадамазе нилъедаса бугеб пайдаялъулъ.\nКиназего бокьула лъикӏаб гӏумру букӏине. Амма гьедин букӏине ккани, нилъ Аллагьас малъухъе хьвадизе ккола. Гӏумру данде билълъунгутӏиялъе сабабги букӏуна нилъеда Аллагь кӏочон тей. Гӏумру маргьа гурелъул, гьаниб ракъи-къечги рохел-пашманлъиги букӏуна. Кинниги гьединаб хӏалалде ккарасул хьул къотӏизе бегьуларо. Гьесда ракӏалде щвезе ккола Къуръаналда Аллагьас рехсараб аят (магӏна): «Хӏакълъунго, захӏмалъиялда хадуб бигьалъиги бачӏуна», — ян абураб («аш-Шархӏ», аят 5-6). Лъазе ккола Аллагьас нилъеда тӏадкъалареблъи баччизе кӏолареб жо. Къуръаналда буго: «Аллагьас чиясда тӏадкъаларо гьесда баччизе хӏалкӏолареб», — ан (сура «ал-Бакъара», аят 286).\nЦо-цо мехалда Тӏадегӏанав Аллагьас лагъасде балагьал рещтӏинарула гьес жинцаго гьарурал квешал гӏамалазухъ ва мунагьазе гӏазаб гьабиялъул хӏисабалда. Гьесда гьеб гӏазаб бугин ракӏалде ккейги буго гьелда сабру гьаби гьечӏолъи. Цо-цо мехалъ балагьал рачӏуна гьарурал квешал гӏамалал чуризелъун ва цо-цо мехалда Аллагьасда цеве тӏадегӏанлъизе. Гьединлъидал нилъеца сундулъго сабру гьабизе ккола. Къуръаналда буго (магӏна): «Сабру гьабуразе руго сайгъатал, хӏисаб гьечӏого», — ян (сура «аз-Зумар», аят 10).\nГьайгьай, щибго гьабичӏого вукӏинеги бегьуларо. Багъаричӏеб квералда хӏарщ рекӏунарин гӏадада абураб жо гурелъул. Гьединлъидал цо кинаб бугониги иш гьабулелъул гьеб гьабила Аллагьасде таваккалги тӏамун. Цинги нилъеда бихьила кин гьел къварилъаби, захӏмалъаби тӏаса ине ругелали.\nАллагьас махлукъат бижун буго гӏибадат гьабиялъе. Гӏумруги нилъер цӏакъ къокъаб буго, киб ва кида гьеб лъугӏилебалиги лъаларо. Гьединлъидал жавгьар гӏадинаб заман хвезабизе бегьуларо хӏажат гьечӏел ургъалабазда яги пашманлъиялда.\nИнсан кидаго вукӏине ккола лъикӏабщиналъул пикрабазда, бугелда гӏей гьабун. Кӏочене бегьуларо Аллагьас нилъее гӏемерал нигӏматал кьун рукӏин. Гӏумру бугелъулха бухӏи-цӏорой жинда жаниб бугеб жо. Гьединлъидал киданиги рукӏине бегьуларо цогидазда ракӏхун. Гьедин ругони нилъерго черхалъе ккола зарал. Гьелъин исламалъ нилъедаса тӏалаб гьабулеб тӏаса лъугьинги. Гьелдаго цадахъ камизе теларо дугӏаги. Кьучӏаб хӏадисалда буго: «Щибниги жоялъ асар гьабуларо Аллагьасул къадаралъе, цохӏо дугӏаялъ гурони. Гӏумруги сунцаго халат гьабуларо лъикӏал гӏамалаз гурони», — ян (имам Тирмизи).\nАллагьасда гӏемер гьаризе ккола. Щайгурелъул, Гьесие рокьула гьарулел чагӏи. Хӏадисалда буго: «Нужеца Аллагьасда гьаре Гьесул нигӏматаздасан, Аллагьасе рокьула Жинда гьарулел чагӏи. Бищун лъикӏаб гӏибадатги ккола сабру гьаби», — ян (имам Тирмизи).\nХӏаракат бахъила араб заман аралъуб тезе, гьелде тӏадруссинчӏого чӏезе. Ккарал гъалатӏаздаса тавбуги гьабила. Щибаб цӏияб къо цӏияб тӏамач бугелъул, цӏияб гӏумру гьабизе бегьулеб. Гьелъин Аллагьасда гьаризеги, Гьесде таваккал тӏамизеги, сундулъго сабру гьабизеги кколеб. Аллагьас абуна: «Я, иман лъурал гӏадамал, нужеца дунялалъул ва ахираталъул умуразулъ сабру гьабиялдалъун ва какал раялдалъун квербакъи тӏалаб гьабе. Хӏакълъунго, Тӏадегӏанав Аллагь жидеца сабру гьабулел гӏадамалгун цадахъ вуго», — ян (сура «ал-Бакъара», аят 153).\nНилъеда лъазе ккола нилъ Аллагьас Жиндиего лагълъи гьабизе рижун рукӏин. Диналъул хӏукъукъал тӏуразе нилъее квегӏенлъи букӏинелъун Аллагьас ракьалда бижанщинаб махлукъат инсанасе мукӏурги гьабун буго. Гьеб киналдаго цадахъ, гӏакълуги кьун, кӏодоги гьавун вуго инсан. Гьединлъидал дагьабниги гӏакълу бугесда бичӏчӏизе ккола дунялалдаги талихӏав, ахираталдаги талихӏалъул байрахъ кодобе щварав чи Аллагьасе гӏоло лъикӏаб гӏамал гьабиялда тӏадчӏей гьабурав кколевлъи. Бищунго инсанасул ракӏалъе рахӏатги парахалъиги щолеб, живги хӏакъикъаталда талихӏав чи вугин абизе кӏолеб даражаялде вачунеб жолъунги ккола лъикӏлъи гьаби. Хирияв аварагасул хӏадисалда буго: «Инсан хведал, гьесул киналго гӏамалал чӏун хутӏула, лъабго гӏамал хутӏизегӏан. Гьелги руго: кьураб садакъа, нахъе тараб гӏелму-лъай ва гьесул битӏараб нухда ругел лъимал, ай жидеца дугӏа гьабулел».\nБечедав чиясда цӏехон буго бищун талихӏавлъун мун кида вукӏаравин абун? Гьес абун буго жинда гӏумруялъулъ дандчӏванин ункъо батӏияб свери, жидеда жанибги талихӏалъул магӏна бичӏчӏарал.\nТӏоцебесеб — ракӏалъе бокьараб босизе рес щвей. Кӏиабилеб — бищун хириял, берцин рихьарал жалазда тӏад бетӏергьанлъи гьабизе рес щвей. Амма жинда бичӏчӏанин гьездалъун бугеб талихӏ заманалъул жо букӏин. Лъабабилеб — чӏахӏи-чӏахӏиял проектазул бетӏерлъун вахъин, гӏемерал бакӏазул хважаинлъун лъугьин. Амма гьеб киналдаго жанибги батичӏин жинца балагьулеб букӏараб талихӏги рахӏатги. Ункъабилеб — цо нухалда жинда гьудулас гьаранин унтарал лъималазе коляскаби росизе гӏарац биччайин. Гӏарац кьун хадуб гьудулас гьаранила гьел коляскаби лъималазе кьезе цадахъ вилълъайин. Гьудуласул гьариги къабул гьабун, анила гьесда цадахь. Гьениб унтарал лъималазул бадиб бугеб рохелги, гьезул гьурмада кенчӏолеб талихӏги бихьидал, жив хӏайранлъун хутӏанила. Цинги ниж гьениса нахъе унелъул, цо лъимер бохдузда хурхун чӏанила, ва гьелъ абунила жиндие бокьун бугин дур сипат ракӏалда чӏезабизе. Алжаналда дандчӏвараб мехалда дуе цоги нухалда баркала кьезе букӏине.\nГьеле гьеб мехалда вукӏанила жив хӏакъикъаталдаги талихӏав чилъун.\nМухӏамад-Хӏабиб Махӏатӏов"}
{"slug": "nuh-bitiagi-maryam-dur-anishhaze", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nuh-bitiagi-maryam-dur-anishhaze", "title": "Нух битӏаги, Марям, дур анищазе", "date": "2025-10-31 16:00:28", "categories": ["lit"], "text": "Марям Гъазимухӏамадова. Гьеб цӏар цӏияб буго магӏарул музыкалияб маданияталда. Гьанжего гьанже гьеб хӏикматаб ва балъголъабазул цӏураб дунялалде таваккалго галаби тӏамулел руго гӏолилалъ. Магӏарулазе Марям машгьурлъана академическияб вокалалда Россиялъул мустахӏикъай артистка Муи Хӏасановалъул кучӏдул ахӏиялдалъун. Тӏоцее дида Марям йихьана санайил «Хӏакъикъат» газеталъ тӏобитӏулеб «Чӏагояб классика» абураб литературияб конкурсалда. Гьеб букӏана 2022 сон. Иргадулаб конкурс сайгъат гьабун букӏана магӏарул машгьурав шагӏир, Хунзахъ районалъул Харахьиса Махӏмуд-Апандие. Гьеб тадбиралда гьитӏинай яцгун цадахъ гӏахьаллъи гьабуна Марямицаги. Гьениб халкъияб вокалалда (народный вокал) кечӏ ахӏана гьелъ. Тадбиралъул гӏахьалчагӏазе лъикӏаб асар гьабун букӏана гьелъул цееяхъиналъ. Доб мехалда Марям жеги школалда цӏалулей йикӏана. Долдаса нахъе ана лъабго сон…\nМагӏарул кочӏолъе цӏияб чвахигун\nГӏагараб Харахьи росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, М. Гъазимухӏамадова цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, ДГПУялъул байбихьул классазул факультеталде. Гьениб щолеб буго ингилис мацӏалъул учителасул махщелги.\n— Дие цӏакъ бокьун буго ингилис мацӏ лъазабизеги. Кутакалда берцин бихьула Хӏабиб Нурмухӏамадов гьеб мацӏалда кӏалъай. Диеги бокьун буго гьеб мацӏалда кӏалъазе цогидал пачалихъазда ругел кочӏохъабигун. Масала, нилъги гӏенеккула дунялалъул батӏи-батӏиял мацӏазда ахӏулел кучӏдузухъ. Рагӏаби ричӏчӏулел гьечӏониги, нилъее бокьула музыкаялъухъ гӏенеккизе. Щай бегьулареб магӏарул кечӏалъ гьединабго гӏорхъи бахине. Бокьун буго гьединал кочӏохъабазулгун лъай-хъвай гьабизе. Ингилис мацӏ лъалеб бугони, дие бигьалъизе буго гьеб пиша, — йилан бицана нижее редакциялде гьоболлъухъ ячӏарай Марямица.\nЦадахъго Марям цӏалулей йиго Г. Хӏасановасул цӏаралда бугеб музыкалияб училищеялъул академическияб вокалалъул факультеталда (факультет академического вокала).\nМарямилгун гара-чӏвари нижеца байбихьана кечӏ-бакъаналдалъун. Гӏолилалъ нижее кучӏдул ахӏана кӏиябго гьаркьидалъун, халкъияб ва академическияб вокалалдалъун. Гьезда гьоркьоса кинаб гьаракь дуего бокьулебилан абидал, Марямица, елъулаго, абуна кӏиябго бокьулила цӏакъго цӏакъилан.\n— Гьеб кӏиялъго цоцазе кумек гьабун гурони, квалквалал гьаруларо. Гьел цадахъ рачиналъги квербакъулеб буго дие махщел камил гьабизеги. Кӏудияб гъираги буго магӏарул кочӏое батӏияб чвахи кьезе, — ян абуна гьелъ.\nБиччанте Марямица нижее ахӏарал Махӏмуд-Апандил рагӏаби гьелъул жиндирго къисматалъул ва творчествоялъулаб гӏумруялъул ахӏилъун (девизлъун) абадиялъго хутӏизе:\n— Кӏудияв инсуца абуна дида,\nГӏадамазда гьоркьой гӏаданлъун чӏаян.\nГӏодобе бортани, намусалъул цӏва\nЦӏидасанги кунчӏун бачӏунарилан.\nКочӏолаб дунялалда тӏоцересел дандчӏваял\nШколалда цӏалулеб мехалдаго, бижана Марямил магӏарул кочӏоде рокьи. Гьей хьвадулаан росулъ бугеб искусствабазул школалде. Ахӏулаан хоралда кучӏдул. Ва гьениб дагь-дагьккун загьирлъана Марямил пагьму-гьунар. Цее яхъана районалда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял музыкалиял конкурсазда…\nБайбихьул классазул факультеталде цӏализе лъугьаниги, гьелъул пикраби рукӏана магӏарул кочӏол дунялалда. Лъай-хъвай гьабуна университеталъул музыкалияб факультеталъул преподаватель Нурият Каримулаевнаялъулгун. Ва Марям гьелъухъе хьвадула академическияб вокалалъул дарсазде. Университеталда тӏоритӏулел тадбиразулги жигарай гӏахьалчӏужу ккола Марям. Гьединго гьей гӏахьаллъула Махӏачхъалаялда тӏоритӏулел музыкалиялгун литературиял тадбираздаги. Масала, дагьал церегӏан къояз гьей гӏахьаллъана магӏарул шагӏир Мухӏамад Насрулаевасул творчествоялъулаб тадбиралда. Гьениве вачӏарав Дагъистаналъул халкъияв кочӏохъан аргъанги хъван, ахӏана гьелъ Муи Хӏасановалъул кучӏдуздаса цояб. Гьеб тадбиралдаса хадув редакциялде гьоболлъухъе вачӏарав Синдикъовас тӏадегӏанаб къимат кьуна Марямил кочӏое:\n— Марям Гъазимухӏамадовалъул кечӏалъ дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна. Цониги нухалда цадахъ репетицияги гьабичӏого, гьелъ кечӏ ахӏана дир аргъаналде данде. Марямил кочӏол буго кӏудияб ва гвангъараб букӏинесеб. Амма гьеб пагьму цебетӏеялъе къваригӏуна кумекги квербакъиги. Гьеб щвечӏони, пагьму-гьунаралъе цебехун гьункьизе цӏакъ захӏмалъула. Дица гьарила гьей гӏолилалъул кочӏое магӏарулазул рокьиги рес бугезул кумекги, — ян абуна гьес.\nСиндикъов гӏадав кочӏол устарас кьураб гьединаб къимат биччанте букӏине М. Гъазимухӏамадовалъул пагьму-гьунаралъе цеберагӏилъун.\nЛъиениги балъголъи гуро пагьмуялда аскӏоб жахӏдаги букӏунеблъи. Гьединаб суалги кьуна нижеца Марямие.\n— Дирго гьитӏинлъиги батизе бегьула. 19 гурони сон гьечӏей дида жеги бичӏчӏичӏого букӏинеги бегьиларищха гьеб щиб жояли. Амма гьабсагӏаталда дида жеги дандчӏвачӏо жахӏда-хӏусудги ракӏхъублъиги. Магӏарулаз дие чӏвалеб хъаталъулъги гӏицӏго рокьиги адабги бихьула дида. Магӏарул кочӏоеги дир цееяхъиналъеги гӏенеккараз чӏвалеб хъаталъеги дун кидаго ритӏухъайлъун йикӏине йиго. Гьабсагӏаталда квалквал гьабулев чиги гьечӏо. Лъиде аскӏое аниги, щиб гьикъаниги, лъицаниги нахъги чӏвачӏо, жидехъа бажарараб кумек гьабун гурони, — ян жаваб кьуна гьелъ.\nКечӏ ахӏизе гуребги, пасихӏго кучӏдул рикӏкӏинеги гӏажаибго берцинаб махщел буго гьелъул. Гьебги загьирлъана Хӏамзатил Расулил 100 сонилаб юбилеялъул хӏурматалда тӏоритӏулел дандеруссиназда. Марямица кучӏдул ахӏула Расул Хӏамзатовасул, Фазу Гӏалиевалъул, Залпа Мухӏамадрасуловалъул, Тубхӏат Зургьаловалъул ва цогидалги шагӏирзабазул рагӏабазда.\nГьединго Марямил лъай-хъвай ккана магӏарул бакъназул устарзаби Ахӏмад Гӏамирхановасулгун, Каримула Гӏабдулаевасулгун, Абакар Гӏумархӏажиевасулгун. Гьединго жиндирго творчествоялъулъ гьелъ хӏалтӏизарула Майндур Тӏалхӏатовасул ва Ахӏмад Цӏурмиловасул бакъналги. Бицана гьелъ нижее Россиялъул ва къватӏисел пачалихъазул жиндиего асар гьабулел кочӏохъабазул ва композиторазул хӏакъалъулъги. Гьелдалъун бихьулеб буго Марямица жиндирго лъайги пагьму-гьунарги цебетӏеялъе, гӏун бачӏиналъе гьабулеб бугебщинаб хӏалтӏи. Гьелъул гъира буго дунялалъулго музыкалияб гӏумруялде гъорлъе яккизе ва лъугьине.\nГьеб киналдего тӏадеги жеги бакъан хъвазе хӏалбихьизеги бокьун буго Марямие.\n— Дун хӏикмалъизаюла бакънал рижулеб къагӏидаялъги. Бокьун буго гьелъул балъголъабиги лъазе. Хӏалгицин бихьулеб буго дихъанго бакъан лъугьунищали, — ян елъана гьей.\nМарямида цоги ракӏалда буго консерваториялде лъугьинеги. Гӏемерал анищалги пикрабиги руго гӏолилалъул. Нух битӏаги нужее, гӏолилалъул пикраби. Биччанте хунздерил хьиндаллъиялда бижараб хӏикматаб гъотӏол пихъил гьуинаб тӏагӏам магӏарулазе гьарзалъизе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "tianusderil-kadru-borhatgo-kkuraj", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tianusderil-kadru-borhatgo-kkuraj", "title": "Тӏанусдерил къадру борхатго ккурай", "date": "2025-10-31 16:09:06", "categories": [], "text": "Ахӏсаратил кочӏол дунялалда киназего хинлъи буго\n«Хӏакъикъаталъул» гьурмазда нижеца зама-заманалдасан кьола миллияб искусствоялда жидерго лъалкӏги, цӏарги, тарихги толел, унго-унгояб гьунаралъул церехъабазул хӏакъалъулъ макъалаби. Гьединал чагӏи жакъа нилъеда гъорлъ руго ва гьелдаса ракӏ-ракӏалъ чӏухӏизеги бачӏуна.\nГьединал гӏадамазул цӏар рехсолаго, газеталъул жакъасеб номералда нужее бицине бокьун буго Хунзахъ районалъул Тӏанусиса гӏадатияй магӏарулай Ахӏсарат Хӏайбулаевалъул хӏакъалъулъ.\nНижер Ахӏсарат. Гьедин абула гьелде росуцояз, районцояз, гьудул-гьалмагълъиялъ, гьей лъалел, гьей йокьулел ва гьелъул къимат жидее кӏудиял гӏадамаз. Гьел рагӏабазда жаниб буго хинлъиги, хӏеренлъиги, чӏухӏиги, рохелги, адабги, баркалаги. Хӏакъикъаталдаги росуцоял ва гӏагараб тӏалъи жиндаса чӏухӏизе бегьулеб мисалияб гӏумру буго Ахӏсаратил.\n26 сон буго гьелъул Тӏануси гӏагараб росдал школалда музыкаялъул дарсал кьолей мугӏалимлъун хӏалтӏулей йигелдаса, 31 сон буго гьебго Тӏанусиб ясли-ахалъул гьитӏичаздаги кечӏ-бакъаналъул балъголъаби малъулей, гьезул миллияб маданияталдехун ва умумузул кечӏ-бакъаналдехун рокьи куцалей йигелдасаги.\n2022 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Хунзахъ Культураялъул рукъалъул искусствоялъул хӏаракатчӏужулъун. Районалъул бокьараб дандеруссин: бертин, ихтилат, сухӏмат, рохалил тадбир — Ахӏсаратил жигараб гӏахьаллъи гьечӏого унаро. Гьеб киналдаго гьоркьоб, гьединабго жигараб гӏахьаллъи гьабула Махӏачхъалаялда ва цогидал шагьараздагун районазда тӏоритӏулел тадбираздаги. Ячӏуна Ахӏсарат магӏарулал ракӏарарал дандеруссиназдеги. Гьениб жиндирго роцӏараб, берцинаб гьаракьалъ кечӏги ахӏун, гьеб дандеруссинги берцин гьабула. Гӏемерай щола гьей гьединго «Хӏакъикъаталъул» редакциялдеги. Киего щвезе заманги батулей, рекӏелъ щибго чӏухӏи гьечӏей, гӏадамасе жиндихъаго бажарараб кумек гьабизе хӏадурай йикӏиналъ йокьула гьей гӏадамазеги.\nГьединай йиго Ахӏсарат. Дагьал церегӏан къояз учителасул къоялде гьелъие щвана «РФялъул Лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан» абураб цӏар ва ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул рахъалдаса Хӏурматалъул грамотаги. Гьединго гьелъие щвана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватӏибехунги миллияб маданиятги искусствоги цебетӏезабизе ва миллатазда гьоркьоб рекъелгун парахалъи цӏуниялъе бахъараб хӏаракаталъухъ Гъарачаево-Черкесиялъул хӏукуматалъул рахъалдаса Хӏурматалъул грамотаги.\nГӏемер соназ ракӏбацӏцӏадго гьабураб хъулухъалъухъ, миллияб маданият цӏунизе, гьеб бечед гьабизе бахъараб хӏаракаталъухъ щварал шапакъаталги гьелда баркун, Ахӏсаратилгун гьадинаб гара-чӏвари ккана нижер.\nМугӏалималъул ракӏ\n— Ахӏсарат, баркула ракӏ-ракӏалъ цоги нухалъ исана дуе щварал шапакъатал. Баракатал ратаги. Жакъасел шартӏазда рекъон хӏалтӏизе ккани, бигьаяб ишги батиларо школалда мугӏалимасул хӏалтӏи. Кин бугониги, дуцаги тӏасабищун бугоха гьеб хъулухъ. Гьелдаса разиго йигищ?\n— Баркала. Щвана дие исана гьел шапакъаталги. Гьелъухъ ракӏ-ракӏалъ баркала кьезе бокьун буго дун гьелъие рихьизарурал: нижер районалъул нухмалъиялъе ва республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул нухмалъиялъе, дие кьураб къиматалъухъ ва гьабураб божилъиялъухъ. Дунгӏан Аллагьги разилъаги.\nБитӏараб буго, мугӏалимасул хъулухъ расниги бигьаяб хӏалтӏи гуро жакъа. Бокьараб, предметалъул учителасда, гьикъе гьес абила жиндир хӏалтӏи, гьеб кутакалда захӏматаб бугилан. Гьедин ккола рахьдал мацӏалъул дарсал кьолесда, гьедин абизе буго цогидал дарсазул мугӏалимзабазги дарсал кьолесулги. Гьединго абила дицаги. Щивав мугӏалимасул буго жиндирго хаслъиги, жиндаго дандчӏвалел захӏмалъабиги, гьел захӏмалъаби къезаризе гьес гурулеб гъежги.\nБигьаяб иш гуро, хӏакъикъаталдаги, лъималгун хӏалтӏизе. Гьезулгун рагӏи данде ккезабизе, дуцаго кьолеб дарсиде гьезул гъира бачӏинабизе хӏалтӏизе ккани, гӏемераб гӏетӏ тӏезе ккола учителас. Лъималги рокьизе ккола, дуцаго гьабулеб хӏалтӏиги бокьизе ккола. Бокьулеб ишалдехун гъира гьечӏони, хӏасил кинабха букӏинеб. Гьедин хӏалтӏулей йигоха: 26 сон бана гӏагараб школалда хӏалтӏизе лъугьаралдаса, 31 соналъ дирго росдал ясли- ахалдаги йиго.\nКечӏ-бакъан хирияб хъизамалъул яс\n— Амма районцоязда, гьединго магӏарулазда мун цӏикӏкӏун лъала гьунар бугей кочӏохъан хӏисабалдаги. Гӏемерал тадбираздаги гӏахьаллъула мун гьединго. Кӏиябго хӏалтӏи — мугӏалимлъиги кочӏохъанлъиги цадахъ бачине захӏмат букӏунищ? Сунца дуе къуват кьолеб?\n— Узухъда, бигьаяб иш бугин абиларо дица лъабабго бакӏалда хӏалтӏизе. Гьале ахираб лъабго сон буго районалъул культураялъул рокъойги дун хӏалтӏулей йигелдаса. Амма бокьулеб хӏалтӏи букӏиналъ ва къисматалъ гьелдехун юхьарай йикӏиналъги къуват кьола дие лъабабго хӏалтӏи цадахъ бачине. Гьелъ къисматалъе баркалаги кьола, Аллагьасе реццги гьабула жакъа къоялъги бокьулеб хӏалтӏуда гъорлъ йикӏун гьеб нухда бачине бажарулеб букӏиналдаса. Гьаниб тӏаде жубазе бокьилаан дие, гьитӏинаб мехалдасаго нахъего кечӏ-бакъанги ихтилатги хирияб букӏиналъ тӏасабищана дица букӏинесеб махщелги. Кочӏодехун бугеб рокьиялъ, школалда цӏалулеб мехалъго анищ гьабуна музыкаялъул дарсал кьезе мугӏалимлъун цӏализе ине. Гьеб мурад гӏумруялде бахъиналдаса йохунги йиго.\nНижер хъизамго букӏана кечӏ-бакъаналде рокьи цӏикӏкӏараб. Мунагьал чураяв инсуца хъвалаан хъумуз, кьабулаан къали, зурмаги пулаан гьес. Гьеб бачине росулъ бертабалъеги ахӏулаан гьев. Инсуда цадахъ гьес зурма пулелъул къали бухулаан гьитӏинай чӏужу дица.\nГьединаб хъизамалда гӏуна ва къисматалъ къачӏан батана кечӏ-бакъаналда хурхараб гӏумру. Гьелдаса цӏакъ разиго йиго. Гӏемерай ахӏула Махӏачхъалаялда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбиразде. Лъиениги инкар гьабун, гьение инчӏогоги дун чӏечӏо гьанжелъагӏан. Гӏадамазе рохел бикьизе, гьезул ракӏал чӏаго гьаризе, дирго кечӏалдалъун гьел рази гьаризе — аслияб мурад гьеб букӏиналъ хӏаракат бахъула дица гьение инеги.\n— Кечӏ-бакъаналъ хасаб бакӏ ккуна кидаго нилъер миллияб гӏумруялда. Амма заман хисанагӏан хисулеб буго гьелдехун бербалагьи. Мисалалъе, кигӏанго фонограмма нахъе цузеян лъугьаниги, гьелъ жакъа жиндирго бакӏ ккуна. Амма ахӏулел рагӏаби магӏна бугел ругони, гӏадамаз гьеб къабул гьабизе бугин рикӏкӏуна дица (фонограммаялъухъ балагьичӏого). Дуца кин абилеб?\n— Кечӏ-бакъанги ихтилатги магӏарулазе кидаго хирияб букӏана, битӏараб буго. Дида лъалеб мехалъги кочӏохъабиги гӏемер рукӏинчӏо, гьезул къиматги букӏана, ахӏулел рагӏабазулги букӏана магӏна буголъиги, гьелъ гӏадамазеги гьелъул къиматги букӏана.\nГьанжейин абуни, кӏал гьакӏкӏазе лъугьаравщинав чиги жив кочӏохъан вугилан ккун сценаялде вахунев вуго, фонограммаялда гурони ахӏулеб кечӏги гьечӏо. Гьеб бищун цебесеб бакӏалде бачӏун бугелъул, гьелда гъоркь кечӏ ахӏичӏого рес гьечӏо дирги цогидазулги. Амма диего бокьун гуро дица гьеб гьабулеб. Гьелдасаги нусгоги, азаргоги нухалъ цӏикӏкӏун бокьула дие дирго гьаракьалъ кечӏ ахӏизе, рес ккарабго гьедин ахӏизеги ахӏула. Амма дие гьеб бокьиялъул щиб, жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъе бокьулеб буго фонограмма. Гьезие магӏна-гӏин бугел рагӏабицин хӏажат гьечӏо, гӏицӏго бакъан бугелдаса нахъе. Ракӏал расандизарулеб аранжировкаялъул бакъан бугелдаса нахъе гьезие батӏалъи гьечӏо, гьеб бакъаналда гъоркь щиб ахӏаниги. Гьединал гурони кучӏдул гӏун бачӏунеб гӏелалъ жакъа къабул гьарулелги гьечӏо. Гьединал кочӏохъабазе гурони мустахӏикъав (й) кочӏохъан абураб цӏарги щолеб гьечӏо. Гьединазул гурони хӏалтӏулеб бакӏалдаги цогидалъубги къиматги гьечӏо жакъа.\nДиего рокьула сабурал, гӏодор риччарал, цӏекӏлъи гъорлъ гьечӏел рагӏаби. Гьединал рагӏабаздаса гӏуцӏараб буго дир репертуарги. Фонограмма жакъа къотӏизабуниги, гьелдасаги, йохун гурони, пашманлъиларо. Ракӏчӏун лъала фонограмма жакъасеб кочӏол искусствоялдаса нахъе бачахъани, чанги чияс кечӏ ахӏи тезе буго.\n— Жакъасел авторазул лъил рагӏабаздаса гӏуцӏараб бугеб дур кучӏдузул репертуар? Щивгун хӏалтӏизе бокьулеб?\n— Гӏемерисел кучӏдул дица ахӏула нижерго Хунзахъ районалдаса рахъарал шагӏирзабазул рагӏабазда. Дир репертуаралда бищун цӏикӏкӏун кучӏдул руго халкъияй шагӏир Залму Батировалъ хъварал. Нижергоян рикӏкӏаниги бегьулей чӏужу йиго Гъуниб районалъул Бацӏадаса Тубхӏат Зургьаловаги. Гьелъул рагӏабаздаги 15 кечӏ буго дир. Ахӏула нилъерго классикал: Расулил, Фазул, Гӏабасиласул рагӏабаздаги. Чанго кечӏ буго Манарша Гӏисаевалъул ва Сабигат Мухӏамадовалъулги ва мунагьал чураяв Харахьиса Махӏмуд-Апандица хъваралги\nДирго росуцояй, школалда дие чанги дарс кьурай, дир йикӏарай мугӏалим — Шамай Хъазанбиевалъул росуцоязде, районалде, тӏалъиялде, тӏалъиялъул машгьурал церехъабазде гьарурал кучӏдулги гӏемерал руго дица ахӏулел. Залмулги, Тубхӏатилги, Шамайилги рукӏуна щибниги цӏекӏлъи гъорлъ гьечӏел, сабурал, магӏнаял рагӏабазул кучӏдул. Элъ рокьула дие гьел ахӏизеги.\n— Дуцаго кучӏдул хъвазе хӏалбихьанищ?\n— Бихьана. Чанго кечӏ буго дирго рагӏабаздаги ахӏулеб. Хъвазе хӏалбихьидал, гьеб батӏаго захӏматаб жоги батичӏо; дуего рахӏат толарел, рекӏелъан биччараб жоялъул хӏакъалъулъ кечӏ хъвазе лъугьиндал, гьеб чвахун бачӏунеб буго. Амма дидасаги пагьму-гьунар бугел шагӏирзабиги цере тун, кучӏдул хъвазе ва ахӏизе дун лъугьинчӏо. Хӏисаб гьабураб мехалъ, Аллагьас махщел цоясе кечӏ ахӏизе кьола, цогидазе гьел хъвазе кьун бугеб гӏадин. Щивав чи жиндирго махщалида рекъон хӏалтӏани, лъикӏаблъун бихьулаха дида…\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "cziar-hisiyaldasa-ber-bahigo-liki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=cziar-hisiyaldasa-ber-bahigo-liki", "title": "Цӏар хисиялдаса бер бахъиго лъикӏ", "date": "2025-10-31 16:20:24", "categories": [], "text": "Гьидерил кьоде щварав лъаратӏисес, гьенив дандчӏварав Лъахъ росулъа Шитмарида цӏехон буго дуда цӏар щибилан абун. Досги жаваб кьун буго Шитмар бугин. Шитмар абураб цӏар чиясда букӏине рес гьечӏилан пикруги гьабун, гьоболас нахъеги цӏехон буго: «Дуда цӏар щиб кколеб?» — абун. Гьидалъес кӏиабизеги добго жаваб кьедал, жив махсараде кколев вугин ракӏалде ккарав лъаратӏисес абун буго: «Шитмар щиб букӏунеб, инсуца дуда лъураб цӏар щиб?» — ян.\nЦо пуланаб компаниялда, лъай-хъвай гьабулаго, цояс жинда цӏар Бахӏричи бугин абидал, гӏажаиблъана киналго. Дагьаб хадуб, тах роходе бахиндал, гьениб цо херасе бокьула гьоболасул рахъалъ лълъар борхизе. Гьеб борхизе вахъарасда, кигӏан ургъаниги, ракӏалде щоларо гьоболасул цӏар, ахирги тату хварав чияс абула: «Дица лълъар гьекъолеб буго гьав Бихӏлакил сахлъиялдасан», — абун.\nЛъимада цӏар лъей ккола цӏакъ жавабчилъи цӏикӏкӏараб тадбир. Цӏар буго инсанасе тӏоцебе щолеб, гьавидал гьесда рагӏулеб ва гӏумруялъ гьевгун хутӏулеб калам. Нилъер умумузул цӏараздехун букӏун буго цӏакъ беричаб бербалагьи. Гьел божулел рукӏун руго чиясул цӏарул цо кинабалиго балъгояб магӏна, къуват букӏунин абулеб жоялда.\nНекӏо гӏадамазе ва тухумазе тӏокӏцӏарал кьолел рукӏун руго. Масала, рас чӏегӏерав васасда — Чӏегӏерчи, берцинай ясалда — Хӏурулгӏин абун.\nЦӏар буго инсанасе умумуз кьолеб бищунго тӏоцебесеб ва къиматаб сайгъат. Цебе лъимадуе цӏар кьолаго, умумуз гӏакълу дандбалаан кьибилалъул чӏахӏиязда, ракӏалде щвезарулаан хварал, рагъул-кьалул бахӏарзал ва лъикӏал гӏадамал. Тӏаса бищулаан чиясе яхӏ-намусалъул, бахӏарчилъиялъул, къохӏехьеялъул, берцинлъиялъул ва узданлъиялъул гӏаламат жиндилъ бугеб цӏар. Абула, бахӏарчиял ва гӏакъилал умумузул цӏар лъурав чиясе гьезул гӏамал-хасият щолиланги.\nЧабхъад унаго, какал разе чӏараб бакӏалда цо муридас Хӏажимурадида цӏехон буго: «Дагъистаналдаго тӏибитӏун буго дур бахӏарчилъиялъул хабар. Дуца хӏехьолеб, нижеца хӏехьолареб жо щиб бугеб? Дудаса къурабищ бугеб нижер бахӏарчилъи?» — абун. Къотӏи ккун буго хӏалбихьизе. Хӏажимурадица дов муридасул цабзазда гьоркьоб жиндирго килищ, досул килищ жиндирго цабзазда гьоркьоб лъун буго. Къотӏиялда рекъон, гьалмагъас ишара гьабурабго, дагь-дагьккун килщал цабзаз данде къалел рукӏун руго. Заман балалдего дов муридасдаса гьаракь борчӏун вуго. Гьеб мехалъ Хӏажимурадица абун буго: «Цо лахӏзаталъги дуца яхӏ гьабун букӏарабани, дидаса гьаракь борчӏизе букӏана. Цогидазда дандеккун, дица цо дагьабго цӏикӏкӏун яхӏ гьабула, гьелъулъ буго дир бахӏарчилъи», — ян.\nДагъистаналда ислам тӏибитӏизе байбихьараб ХӀV гӏасруялдаса нахъе нилъер умумуз байбихьун буго лъималазда гӏарабазул цӏарал лъезе. Гьел цӏараз бусурбанчиясда малъула цӏодоравлъун, гӏакъилавлъун ва бахӏарчиявлъун вукӏине. Мисалалъе, гӏарабазул цо-цо цӏаразул таржама: Сайгид (талихӏав), Расул (Аллагьасул вакил), Камал (гӏакъилав), Къурбан (разияв)… Щибаб тухумалъул вукӏуна аварагасул, асхӏабзабазул цӏар лъурав чи. Бихьиназда: Мухӏамад, Гӏиса, Ибрагьим, Гӏали. Руччабазда: Патӏимат, Гӏайшат, Хадижат…\nУргъичӏого лъурал цӏарал\nИнкъилабалдаса хадуб байбихьана батӏияб гӏумру-магӏишат, лъималазда лъуна батӏи-батӏиял цӏарал. Рукӏана, рагӏаби къокъ гьарун, ургъарал гӏажаибал цӏаралги: Мэлс — Маркс, Энгельс, Ленин, Сталин; Мират — мирный атом, Владилен — Владимир Ильич Ленин.\nЧӏахӏияб гӏелалда гьоркьор цо-цо дандчӏвала жидерго цӏараздаса нечолел, гьезул гӏемераб квалквал букӏунилан гӏарз гьабулел чагӏи. Гьеб ккола ургъичӏого, нилъер гӏадат-гӏамал хӏисабалде босичӏого, эбел-инсуца жидерго лъималазда цӏарал лъеялъул квешаб хӏасил. Масала, дида цадахъ ДГУялда цӏалулев вукӏана «Ноябрь» абун цӏар бугев лезгияв. Жинда гьединаб ресукъаб цӏар лъунин абун, саламатаб ракӏхвей букӏунаан гьесул жиндирго эбел-инсудаса. Гьес абулаан жинде Юра абун ахӏеян.\nХӏисаб гьабеха хадусел цӏаразул ахӏизе ва хъвазе бугеб захӏмалъиялъул: Ворошилов, Киров, Буденный, Терешкова, Сталина, Октябрина… Гьайгьай, лъималазги гьединал цӏарал ругел чагӏи махсараде кквечӏого толаро. Гьединлъидал, лъимада цӏар лъолаго, лъикӏаб букӏуна росдал, миллаталъул гӏадатал цӏунани ва тухумалъул чӏахӏиязда дандбани.\nЦо-цоязда ккола лъимадуе цӏар кьей бигьаяб жо кколин. Гьединал умумуз, ургъичӏого, магӏна цӏехечӏого лъола лъималазда цӏарал. Гьединлъидал Дагъистаналда руго Мадридалги, Колябиги, Сократалги, Миланалги, Камиллабиги, Дианабиги, Анжелабиги…\nЧиясул хӏакъалъулъ гӏемераб жо бицуна цӏаралъ. Умумузулгун рухӏияб ва маданияталъулаб гьоркьоблъи тӏечӏого букӏиналъе, чиясда лъазе ккола жиндирго цӏаралъул магӏна. Масала, «Нури» абулеб дир цӏаралъул магӏна ккола: нур, канлъи, къалъи, канлъул чӏор. Гьединаб берцинаб, къокъаб, бигьаго ракӏалда чӏолеб цӏар дие кьурал дир умумузе дица баркалаги кьола.\nХваразул цӏар лъола цӏигьаруразда\n«Дир Дагъистан» абураб тӏехьалда Расулица хъван буго: «Цӏар» абураб рагӏул кӏиго магӏна буго магӏарул мацӏалда. Цо лъураб цӏар, цо щвараб цӏар — машгьурлъи. Цӏарни вараниялдаги лъола, амма чиясул цӏар лъикӏлъиялъул рахъалъ кӏалухъ бахъизе кьураб буго», — ян.\nМагӏарул цо росулъ букӏун буго ясазда цӏар лъеялъул гӏажаибаб гӏадат. Лъимер гьабулей гӏаданалъе бигьалъи букӏунин абун, гьеб гьабун бахъинегӏан цояс Къуръан цӏалулеб букӏун буго. Яс гьаюни, гьелда лъезе цӏарги хӏадурун гьечӏони, Къуръан цӏалулес ахиралда абураб рагӏуде тӏаде «атги» жубан, лъолеб букӏун буго ясалда цӏар. Масала, Рахӏимат — гурхӏел-рахӏму бугей, Салихӏат — лъикӏлъи гьабулей, Кавсарат — алжаналда бугеб гӏоралъул цӏар.\nХӏикмалъизарула цо-цо умумуз жидерго лъималазда ургъичӏого лъурал, рагӏизе, ахӏизе бокьуларел, гӏажаибал, гӏантал цӏарал рагӏидал. Хӏисаб гьабеха, кинаб захӏмат букӏунеб чиясе тӏубараб гӏумруялъ хадусел цӏарал хадур рехъерхъизе ккедал: Гӏонкӏкӏолав, Чохьолав, Бербуго, Кӏилъилай, Кьукьуле… Гьединал цӏарал ругел цо-цояз, паспортал росулаго, жидерго цӏарал хисула.\nРасулил гьал жугьабаз нилъеда малъулеб буго лъималазда цӏарал лъезе лъикӏаб къагӏида:\n«Дир ракьалда кьалда\nгӏадан холаро,\nХваразул цӏар лъола\nцӏигьаруразда.\nВа рижула васал меседил гӏадал,\nИнсул цӏарги лъурал\nжеги камилал».\nАхирал соназда магӏарухъ модалъун лъугьун буго, жеги чӏахӏиял умумул чӏаго рукӏаго, лъималазда гьезул цӏарал лъолеб къагӏида. Гьеб ккола нилъер умумузул букӏинчӏеб гӏадат. «Хведал лъималазда ниж кӏочона, гьезда божуларо, ниж гьез, цӏар лъун, кӏодо гьаруларо», — ян абулеб гӏадаб жо.\nГӏурусазул цӏарал\nБуго цоги цӏакъго сурукъаб гӏадат. Умумуз лъурал цӏаралги гӏодоре рехун, Россиялъул шагьаралда бизнесалда ругел нилъер гӏолохъабаз росулел руго гӏурусазул ва жугьутӏазул цӏарал. Цо гьединасулгун дагӏба ккана дир. Чӏванкъотӏун гьес абуна, гӏурус цӏар бугони, Россиялда гӏарац гьабизе бигьаго букӏуна, — ян. Цӏар хисиялдаса бер бахъиго лъикӏин абулаан умумуз. Хирияв Мухӏамад авараг кӏодо гьавун, эбелалъ лъураб цӏар гьес Роман абун хисун буго. Гьулакалде тӏадеги къулун, эбелалъ ахӏарал: «Дир Мухӏамад, Мухӏамад, махӏ берцинаб карул гъветӏ, квине лъикӏаб пихъил гъветӏ» абурал берцинал рагӏаби гьесие щайха? Гьанже Романида гӏарцул гурони мацӏ бичӏчӏуларо.\n«Цӏарал, цӏарал, цӏарал, берцинал цӏарал, цӏунизе умумуз нилъехъе кьурал», — абун ахӏулеб кочӏолъ ругел рагӏабазул буго кӏудияб магӏнаги, босулесе кьолеб камилаб гӏакълуги, амма киназго гуро гьезул гъварилъиялъулги камиллъиялъулги хӏисаб гьабулеб.\n«Азарго вас гьавеги,\nАзарго яс гьаеги\nБачӏунебщинаб соналъ\nЩибаб рокъоб магӏарухъ».\nРасулил гьеб кечӏ-дугӏа къабуллъизабеян Аллагьасдаги гьарун, бокьун буго гӏолохъанал улбузе гьадинаб гӏакълу кьезе. Цӏар ккола кибниги хъвай-хъвагӏай гьечӏеб чиясул паспорт, гьесул гьумер, хасият, гӏамал, гӏадат. Лъимада цӏар лъей ккола цӏакъ ургъун улбуз гьабизе кколеб иш ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб тадбир. Тухумалъул кӏудияздаги, гӏумруялъул хӏалбихьи бугезда дандги бан, нилъ магӏарулал рукӏинги хӏисабалде босун, бахӏарчиял, яхӏ-намус бугел, лъикӏал чагӏазул цӏаралги цӏалкӏун лъураб цӏаралъ берцин гьабила нужер лъималазул гӏумру-магӏишат.\nНури Нуриев"}
{"slug": "karanda-kialana-kiudiyab-buhii", "url": "https://hakikat.info/?nationals=karanda-kialana-kiudiyab-buhii", "title": "Каранда кӏалъана кӏудияб бухӏи", "date": "2025-11-14 12:51:46", "categories": ["kultur"], "text": "Пикраби росулъе руссунел руго,\nВуссунев вуго дун сапаралдаса.\nСалам, Кьилимегӏер, Салам, Гьонода,\nГьанже дун талихӏав вуго ракьалда…\nМунагьал чураяв Ахӏмадил Мухӏамадил гьал мухъал рачӏуна рекӏелъе щибаб нухалда гӏагараб Гьоноде вуссуневщинахъе. Росдал кӏалтӏу бахунаго ва дирго лъимерлъи жаниб араб Лъимбецӏихъ авалалде гӏагарлъулаго.\nМухӏамад кидаго вукӏана росдал шагӏирлъун. Гьеб гьес жиндицагоги гӏемер загьир гьабуна кучӏдузулъ. Хасго ахириял соназда хъварал кучӏдузулъ цӏакъго цӏакъ загьирлъун буго инсухълъиялдеги, лъимерлъи жаниб араб авалалдеги, эбелалъул гъанситоялдеги бугеб урхъиги, рокьиги, бикьун лъугӏичӏеб чӏалгӏеналъул асарги.\nМагӏарухъ хутӏараб дир инсул мина,\nМун макьилъ бихьула, рокьулъ кунчӏула.\nДун духъе кидаго гӏедегӏун вуго,\nГӏедегӏанагӏан дун кватӏулев вуго.\nМинаялда цебе гьитӏинаб азбар,\nАза-азар нухаз вачуна духъе.\nЧу бухьун букӏараб бакӏ хутӏун буго,\nРакӏ тӏуркӏулеб буго, гьеб бихьарабго.\nДир Дагъистаналъул гъансито гӏадин,\nГӏадада кьечӏо дий Гьонода росу.\nГьелъул цӏумазда гъорлъ гьаракь буго дир,\nГьелъул цӏаргун цадахъ цӏарги буго дир.\nГӏемерал шагьарал рихьана дида,\nДир рекӏел тахшагьар буго Гьонода.\nЩибаб нухалда, иргадулаб камиялдаса хадуб, абадияб рокъове арав чиясул хӏакъалъулъ абизе хӏажатаб рагӏи батуларого хутӏидал киназго абулеб лъабго рагӏи хутӏун бугин ккола ракьалда. «Гьадинаб жо бугоха аб гӏумру» абун.\nЭлъухъего цӏакъ пайда гьечӏеб, цӏакъго дагьаб жо буго дунялалъул рокъор нилъер щивасе кьурал къоял. Нилъ киналго гьалбал руго гьанир. Амма кигӏан дагьаб букӏаниги Мухӏамадилги букӏана жиндирго гӏумру — шигӏрабазул дунялалъе насиб гьабураб. Вехьасул хъизамалда гьавурав гьес жиндирго рекӏел пикрабиги, пикрабазул рорженги, рухӏалъул гьаракьги — кинабго кьуна кучӏдузе. Гьезда жаниб батана гьесда жиндирго талихӏ ва къисмат. Гьес жинцаго хъвавухъе: «Рокьулел ясалги кочӏое кьуна, рекӏел дуниялги кочӏое кьуна». Гьениб батанин гьесда гӏумрудул магӏнаянги тӏаде жубазе бегьилаан, амма тӏубанго Аллагьги Аллагьасул динги кӏочон тун, цохӏо кучӏдузде вуссунги чӏечӏо мунагьал чураяв Мухӏамад. Гьесул поэзиялъулъ ахираб къого соналда хъварал шигӏрабазда жаниб хасаб бакӏ ккола рухӏиял асараз. Гьелъул хӏакъалъулъги цо чанги рагӏи абила дагьаб хадуб.\nДида, Мухӏамадил цӏар бахъарабго, цебечӏола гӏемер гьес шигӏрабазулъги рехсараб, нижер кӏиясулго гӏагараб росу — Гьонода. Мухӏамадил лъимерлъи жаниб араб росдал тӏасияб авал. Мунагьал чураяв гьесул эмен Ахӏмад. Гӏумру гӏиязе хъулухъ гьабулаго арав гӏажаибав инсан вукӏана гьев. Мухӏамад кколаан дир эбелалъул цинагӏал. Лъимерлъудаги гьел кӏиялго мадугьалихъ аскӏор рукӏана ва цадахъ гӏуна. Эбелалъ гӏемер бицунаан гьесул школалда цӏалулеб мехалъул, гьезул дое щведал кидаго тӏахьазде тӏаде къулун гьев ватулеб вукӏараб куцалъул. Гьезул гъасда кидаго ракӏгъейги аваданлъиги букӏунаанин бицуна гьелъ.\nМухӏамадие хирияб букӏана инсул росу. Гьенисан тӏамуна Мухӏамадица гӏумрудул гӏатӏидаб нухде тӏоцересел галаби. Дунялалъул кинаб пачалихъалде щваниги, щиб шагьаралда сордо баниги, росулъе вуссунеб сухъмахънух жинда къосинчӏин абун букӏана гьес росуцоялгун 60 сонилаб юбилей кӏодо гьабулеб тадбиралда. Гьонодисезе Ахӏмадил Мухӏамадилги къимат букӏана. Гьонодаса вахъарав цо вугев шагӏир, «Поэт Ахӏмадил Мухӏамад» абун, адабалда рехсолаан гьесул цӏар.\nТӏоцеве дида Мухӏамад вихьана росдал годекӏанив, бухари тӏагъурги лъун, росуцоял харабазда гьоркьов гӏодовчӏун. Гьеб сурат хутӏана дир рекӏелъ чан сон аниги…\nГьединго кӏочон толаро, росулъа шагьаралде цӏализе вачӏарав чи тӏоцеве гьесухъе гьоболлъухъ араб къо. Дун вачӏиналдаса гьев цӏакъ вохана. Гӏемераб жо бицана гьес дие доб къоялъ. Нахъе унелъул сайигъат гьабуна гьанжего гьанже басмаялде бахъараб «Поэт» абураб тӏехьги. Гьелдаса хадув гӏемер щолаан Мухӏамадихъе, щибаб нухалъ дун вачӏанщинахъе дие кьезе цӏияб тӏехьги батулаан хӏадурун. Гьесул поэзиялда жаниб батана жеги дица хӏалбихьун букӏинчӏеб, цо батӏияб, мугӏрул иццул гӏадаб бацӏцӏадаб тӏагӏамги, инсухълъи цебечӏезабулеб сипатги, гӏагараб росуги, корониб бежараб чадил тӏагӏамги, эбелалъул кверзул хинлъиги.\nТӏадехун абухъе, Ахӏмадил Мухӏамадил бицунаго дида тӏоцебе ракӏалде бачӏуна магӏарухъ росу, гӏазу бараб дунял, маркӏачӏуда гӏиги цебе къотӏун къавутӏе вуссун вачӏунев Мухӏамадил эмен, мунагьал чураяв Мусаласул Ахӏмад. Гӏажаибго ракӏги гӏатӏидав, гӏамалги берцинав инсан вукӏана мунагьал чурад Ахӏмад. 50-ялдасаги цӏикӏкӏун сон бокьулеб ишалъе, гӏиязе хъулухъ гьабиялъе кьурав чи вукӏана. Вехьасул тӏилиде ургъелги чучун, кьиндалил халатал сардал рогьарав, лъорониб лъун чанги кьегӏер хинлъизабурав. Жеги, цониги къоялъ, росдал годекӏанив гӏодов чӏун гамачӏ хинлъизабичӏев, мунагьалъе чиясда нахъасан кӏалъан гьениб заман тӏамичӏев, цогидалги бахиллъулеб гӏумру букӏана гьесул.\nГьале мугӏрул, гьале гӏи!\nГӏищкъу бугес босе тӏил…\nХӏажи Гъазимирзоевасул гьал рагӏаби кидаго ракӏалде щолаан дида Ахӏмад вихьанщинахъе. Гьесие цӏакъ къиматаб букӏана жиндирго гӏиги, мугӏрул гьаваги, роцӏараб зобги, цӏорораб лъимги.\n«50 соналъ ккуна дица вехьасул тӏил кодоб», -илан лъимадулаб гьимигун, вохун абулаан гьес гьебги эхеде борхун.\nИнсул гьеб къадруяб сипат цӏунун букӏана Мухӏамадица жиндирго шигӏрабазулъ.\nЩибго кӏочаниги, кӏочон толаро,\nЧадил махӏ, эбелалъ рокъоб бежараб.\nХулжиниса бахъун инсуца кьураб,\nКьварун бакъвараб хинкӏ, цо гьелъул тӏагӏам!\nИццул цӏорораб лъим… Гьелъул бацӏцӏалъи,\nБацӏцӏинчӏого тана дица кӏутӏбузда.\nКӏудияб, гьитӏинаб букӏинчӏо ватӏан, —\nКӏиябго цолъараб цо росу буго.\nРагъида, ургъалилъ, йихьула эбел,\nЭбелалда аскӏов вихьула эмен,\nЭб гӏадаб берцинаб сурат лъаларо\nСабаб гӏадин буго дида гьеб цадахъ.\nГьанже инсул зани буго хабалалъ,\nДий хабар бицунеб, харилъан баккун.\nЭбел гъаримлъидул рагъида йиго,\nДун рокъой вуссунеб нухде ялагьун…\n2\nМухӏамадил поэзиялда жаниб хасаб бакӏ ккола гьесул рухӏиял шигӏрабаз. Хасго ахираб анцӏго ва къого соналъ цере хъварал кучӏдузулъ кӏудияб бутӏа ккола гьез. Магӏарулазулги гьединго дунялалъул бакъбаккул поэзиялде жанибе «Олимп» ва «Везувий» гӏадал мугӏрузул цӏияб сипат бачун бачӏана гьес «Гӏарафат» абураб поэмаялдалъун. Дунялалъул чанго мацӏаздеги буссинабураб, бергьун пасихӏаб, гьаб ракьалда балеб гӏумру пайда гьечӏеб жо букӏинги, Аллагьги Аллагьасул динги бищун цебесеб жо букӏин цебечӏезабулеб гьеб поэма цӏаларабго ракӏ гьалдезабула, тӏолабго черхалда щибаб расул кьибил сородизе тӏамула. Гьединаб пасихӏаб асар буго гьеб. Амма бищунго кӏочон толареб асар гьабураб шигӏрулъун дие хутӏана «Устар Сагӏид Афандиясул тӏехь цӏалун хадуб» абураб, 26 соналъ цебе гьес хъвараб гьаб кечӏ:\nГӏумруялъ чӏвалеб мехалъ,\nЧӏваге цӏвабзазде гӏайиб,\nЦӏадулаб магӏу бацӏцӏун,\nРацӏцӏадго ралагьулел.\nКъисмат къварилъунилан,\nКъаге зодобе горду,\nЗонода хъвалеб накъищ,\nБакъул чӏораз угьизе.\nЦӏвабзазда гӏайиб чӏваге,\nГӏайибаб дунялалда, —\nДуй хутӏун буго канлъи,\nКанаб зодихъ бакараб.\nЗодове валагьидал,\nЗикру рещтӏуна рекӏелъ,\nРекӏехъ гӏенеккаравго,\nПикру рещтӏуна кочӏолъ.\nБетӏергьанас битӏизе\nГьабилин къисматилан,\nКъаси цӏвабзазул чӏумал,\nЦӏалулел руго дица.\nЦӏва гӏадав Устарасул\nМуридлъун лъугьана дун,\nДунялалда къанщидал\nКъанда гъоркь канлъи щвезе.\nГӏумруялъ чӏвалеб мехалъ,\nЧӏваге цӏвабзазде гӏайиб,\nЦӏадулаб магӏу бацӏцӏун,\nРацӏцӏадго ралагьулел.\nГьединго кутакалда асар гьабураб, зама-заманалдасан дица цӏалулеб ва гӏажаибаб, кин-кинги бигьаго къватӏибе кьун бажарулареб асар дие гьабураб кечӏлъун буго Мухӏамадил Гӏумар-Хӏажи Шахтаманов ракӏалде щведал хъвараб кечӏ.\nКаранда кӏалъана кӏудияб бухӏи\nАхӏана лахӏзаталъ дун Москваялде.\nКиевалъул вокзал… Гьенив эхетун,\nШахтаманов вуго хасалил бакьулъ.\nДун аскӏове щвана, дица абуна,\nАнин, Гӏумархӏажи, талихӏал къоял.\nКъого сон барав дун мунгун вукӏанин,\nКӏикъого балелде мун къаникь лъунин.\nТахшагьар сасана, юношайилан\nШахтаманов дида кӏалъалеб мехалъ,\nКӏикъого баниги, къого баниги,\nШагӏирасул гӏумру гӏадада инчӏин.\nКиевалъул вокзал. Хасел. Тахшагьар.\nШахтаманов вуго хасалил бакьулъ.\nПеределкиналде унеб нухда дун\nБадиб магӏу ххулун вуго эхетун.\nШахтаманов ана аниб кечӏги тун,\nДун араб мехалда хутӏиладай гьеб?\nГӏенеккун чӏун буго дир авар шигӏру,\nАвараглъиялъул бакъанги рагӏун…\nГьанже Мухӏамад гьаб ракьалдаса индал ракӏчӏун абизе кӏола, гьесул кечӏги цӏалдолезул рекӏелъ хасаб бакӏги ккун гьаниб хутӏанин. Магӏарулал чӏаго ругебгӏан мехалъ, магӏарухъ гъасда цӏаги, цӏеда хьагги, тӏалайдухъан бурулеб кӏкӏуйги бугебгӏан мехалъ. Иццазул кӏулкӏулиги, цӏумазул рорженги тӏадмагӏарухъ бугебгӏан мехалъ. Рахьдал мацӏалъул гъасда нилъги нилъее рокьулел рагӏул устарзабазул асаралги чӏаго ругебгӏан мехалъ, Ахӏмадил Мухӏамадил шигӏраби цӏализе руго магӏарул чияс. Гьеб буго дир божи.\nАллагьас мунагьал чурун ратаги, хӏал алжаналъуб батаги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "ker-keral-tiugduzul-kvaczii-giadab-dagistan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ker-keral-tiugduzul-kvaczii-giadab-dagistan", "title": "Кьер-кьерал тӏугьдузул квацӏи гӏадаб Дагъистан", "date": "2025-11-14 12:56:20", "categories": ["lit", "obshestvo"], "text": "«Россия – дир тарих» абураб музей-паркалда араб анкьалда бихьизабуна «Мацӏазул мегӏер» абураб документалияб фильм. Гьеб бахъана режиссер Родион Исмагӏиловас ва гьабсагӏаталда рикӏкӏуна Дагъистаналъул мацӏазулги маданияб бечелъиялъулги хӏакъалъулъ бицунеб бищунго кӏудияб проектлъун.\nФильмалъухъ балагьизе рачӏун рукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, министерствабазулгун ведомствабазул нухмалъулел, маданияталъул вакилзаби ва цогидал дагъистаниял.\n«Мацӏазул мегӏер» — гьеб буго кӏиго соналъул хӏаракаталъул хӏасил. «Тӏоцебесеб соналда нижеца гара-чӏвариял гьаруна щибаб мацӏалъул вакилзабигун. Кӏиабилеб сон ана тӏабигӏаталъул сураталги видеоги бахъулаго. Гьелъие кутакалда гьунар бугев чи вуго Гӏалихан – дроналдаса видео бахъулев оператор. Кӏудияб икъбаллъун рикӏкӏуна дица, республикаялъул букӏинеселъул тӏалаб гьабулел гӏадамал съемкабазул къокъадулъе ккей», — ан бицана фильмалъул режиссер Родион Исмагӏиловас. Хасаб баркала кьуна гьес ДРялъул хӏукуматалъул министр Батӏал Батӏаловасе (жиндир пикруялъул рахъги ккун, батӏи-батӏиял министерствабазул кабинетазде цадахъ хьвадаралъухъги, фильмалда харж гьабизе гӏарац балагьизе гьабураб кумекалъухъги ва гь.ц.), Болъихъ районалъул Рахатӏа росулъа Патӏимат Мухӏамадзагьидовалъул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏарал руччабазул къокъаялъе (сураталгун видео бахъиялъе квербакъаралъухъ). Гьединго баркала загьир гьабуна Москваялда гӏумру гьабулев «Мега-Дом» социалияб рахъалъ хӏалкъарал гӏадамазе кумек гьабулеб фондалъул нухмалъулев Тажудин Исрапиловасеги. Гьев ккола Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъа. «Фильмалде харж гьабизеян кьураб гӏарацги лъугӏун хутӏана ниж. Гьеб мехалда кумекалъе ватана Тажудин: гьесул квербакъиялдалъун рес щвана хӏажатабщинаб босизеги, сапарал гьаризеги», — ян абуна Р. Исмагӏиловас.\nФильм бахъулеб къокъа щвана 42 районалдегун лъабнусго росулъе. Гьез фильмалда вихьизавуна 32 миллияб мацӏалъул вакил. Гьезда тӏадретӏун букӏана миллияб партал ва жидерго гӏумруялъулги, халкъиял гӏадатазулги, тарихиял лъугьа-бахъиназулги хӏакъалъулъ рахьдал мацӏалда бицунеб букӏана гьез. Дагъистаналъул халкъазул мацӏазулги маданияталъулги энциклопедия бугин гьеб фильмилан абуни, мекъи ккеларо.\nФильм бахъиялъул мурад щибан гьикъидал, Р. Исмагӏиловас гьадин бицана: «Гьитӏинабго ракьул бутӏаялда гӏасрабаз гӏумру гьабулеб буго дагъистанияз. Тарихалда гьечӏо гьезул дандеккунгутӏиялъе, гьезда гьоркьосеб тунка-гӏусиялъе нугӏлъи гьабулеб цониги хӏужа, амма гьелъул хӏакъалъулъ щибниги лъаларо цогидал пачалихъазда щиб гурин – нилъерго улкаялдаги. Аслияб масъала букӏана батӏи-батӏиял мацӏазулги диназулги вакилзабаз цоцалъ гъункун гӏумру гьабулеб Дагъистаналъул мисал тӏолабго дунялалъе загьир гьаби», — ян.\nДагъистаналда бихьизабилалде «Мацӏазул мегӏер» Австриялда бихьизабуниланги бицана режиссерас. «Гӏажаиблъун хутӏана гьелъухъ балагьарал фестивалалъул гӏахьалчагӏиги эксперталги. Гьедигӏан берцинаб тӏабигӏатги гьайбатал гӏадамалги ругеб бакӏ жидеда жеги бихьичӏин абулеб букӏана гьез», — ан бицана режиссерас.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "magiarul-akademiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=magiarul-akademiya", "title": "Магӏарул академия", "date": "2025-11-14 14:24:12", "categories": ["magiarukh", "obrazovanie", "rel"], "text": "Дагьалъ цебегӏан Хунзахъ районалда тӏобитӏана Хӏариколо росдал школалъ 100 сон тӏубаялъулаб юбилей. 2024 соналъго тӏобитӏизе кколеб букӏараб гьеб байрам нахъбахъизе ккун букӏана сверухълъи, нухал къачӏаялъул хӏалтӏаби росулъ унел рукӏиналда бан.\nПалхӏасил, байрамкъоялъ баркиялъулаб кӏалъай гьабулаго, районалъул лъай кьеялъул нухмалъулей Патӏимат Хӏамзатовалъ бицана цӏалулъгун жамгӏияб гӏумруялъулъ школалъ ва коллективалъ гьабулеб жигараб гӏахьаллъиялъул, цӏалана районалъул нухмалъулев Нурмухӏамад Задиевасул рахъалдасан баркиялъулаб кагъат, школалъул ункъо хӏалтӏухъанасе кьуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамотаби.\nШколалъул тарихалъул бицана директор Абакаров Мухӏамадица. Жакъа школалъул буго лъабго корпус, 15 класс, 56 цӏалдохъан. Коллективалда вуго 28 хӏалтӏухъан.\nГӏагараб ракь бокьиялда ва гьеб лъазабиялда сверухъ Хӏариколо росдал школалда гьабулеб хӏалтӏуе нугӏлъи гьабула гьелъул цӏалдохъаби Тӏолгороссиялъулаб гӏагараб ракь лъазабиялъул республикаялъул олимпиадаялда бергьиналъги. Тӏолгороссиялъулаб лъималазул ва гӏолилазул «Движение первых» багъа-бачариялъул школалда бугеб байбихьул гӏуцӏи бищун лъикӏаблъун рикӏкӏана тӏолабго улкаялда, ва командаялъе щвана 500 азарго гъурщил грант.\nГӏагараб школалде, учительзабазде гьарурал кучӏдул цӏалана цӏалдохъабаз, байрам баркана батӏи-батӏиял росабазул школазул нухмалъулез. Мугӏалимзабазе Баркалаялъул кагътал кьуна росдал бегавул Сагӏадула Хӏайбулаевасги.\nЖакъа гӏадин ракӏалда буго, педагогикияб ишалъул щибго хӏалбихьи гьечӏей гӏолохъанчӏужу, дун, школалъул коллективалъ къабул гьаюраб куц. Хӏал алжаналъуб батаги квешаб-лъикӏаб дида малъарал Хваджа Мухӏамадовичасул, Мухӏамад Лъебелаевичасул, Шамил Гӏалиевичасул, Жамал Гӏусмановичасул, Гӏали Хӏасановичасул.\nГьабсагӏатги йохула ишцоял дандчӏвайдал. Патӏимат Мухӏамадовна, Гӏунайзат Хӏажиевна, Барият Мухӏамадовна, Хадижат Загьидовна, Гъази Мухӏамадович, бокьулеб ишалда нахъа гӏемерал соназ сахлъиялда таги нуж. Мансур Набиевичги Патӏимат Гунащевнаги, нужедеги дир адаб, нужеца учителасул хӏалтӏи тун букӏаниги. Хасаб баркала буго дилъ гӏадлу-низам куцарав, школалъул директорлъун вукӏарав Абакаров Шамсулгӏалиеги. Гьесул выговоралдаса хадуб дун цониги нухалда кватӏичӏейха кинаб бугониги хӏалтӏуде. Лъикӏаб, цоцазе кумекалъе хӏадураб коллективалда хӏалтӏараб кӏиго сон дие лъугьана унго-унгояб магӏарул гӏаданлъиялъул, адабалъул къебелъилъун. Тӏоцересел цӏалдохъабиги хутӏиларищха думалъго бищун рокьулеллъун, лъикӏаллъун.\nГьитӏинабго рокьуе мукӏурлъиялдаса хадуб байбихьилин школалъул 100 сонилаб гӏумрудул бицинеги.\n1921 соналда байбихьана гьелъул тарих. Инкъилаб ккезегӏан Авар округалда букӏун буго гӏицӏго цо школа. Инкъилабалдаса хадуб школал рагьизе квалквал ккун буго граждан рагъул ва учительзаби гӏунгутӏиялъул. Гьедин букӏаниги, 1921 соналъ округалъул халкъияб лъай кьеялъул заведующий Асадула Мухӏамадовасул хӏисабкьеялда хъван буго: «Росабалъ рагьун буго 11 школа. Хӏариколо вуго 15 цӏалдохъан, Гьоцӏалъ — 36, Могьохъ-Коло — 3, Гӏарани — 44. Хунзахъ буго 2 школа: цоялда 53 ясалъе, кӏиабилелда — 70 васасе кьола дарсал. Хӏарикологи Хунзахъги къадияс лъималазда Къуръан малъула. Округалда вуго 339 цӏалдохъан, гьездасан — 75 яс. Гьоцӏалъ росдал школалда хутӏизегӏан гьечӏо столал-бакӏал, лъимал цӏалула я чӏарбида, я жидецаго рокъоса рачӏарал бакӏазда гӏодорги чӏун», — ан.\nГьеб документалдасан бихьулеб буго Хӏариколо школа 1921 соналъго букӏараблъи. Турказул мацӏалда дарсал кьолел рукӏун буго Хважахӏажил Мухӏамадица. Гьесда лъикӏ лъалел рукӏун руго гӏарабгун латин мацӏалги. Росулъ жеги цӏунун буго гьезул бечедаб хъизамалъулаб библиотека.\n1924 соналъ Хӏариколо, цин Шаридадал (хадуб Хӏайдаровазул) рокъоб рагьула ликбез. Гьенире хьвадулел рукӏана чӏахӏиялги. Ликбез рагьараб соналъ лъай гьечӏолъи лъугӏизабун буго росулъа 39 чиясул. (Гьел тӏоцересезул жакъаги чӏаго йиго Гьитӏинова Узлипат). Дарсал кьолел рукӏун руго Сулейманов Набица.\n1928 соналъ, 44 цӏалдохъангун Хӏариколо рагьула байбихьул школа. Гьаниб бихьизабизе ккола, хӏарисез жакъаги кӏудияб адабалда рехсола гӏумрудул 48 сон росдал ва магӏаруллъиялъул лъай кьеялъул гӏуцӏабазе кьурав, тӏоцевесев мугӏалим, «Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул», «Хӏурматалъул гӏаламат» орденазул кавалер, ДАССРалъул мустахӏикъав учитель Сулейманов Набил цӏар.\n1947 соналъ байбихьул школалъул гьабула анкьгосонилаб, хадуб 1962 соналъ — микьгосонилаб.\n1967 соналда школа гьабуна гьоркьохъеблъун. Гьелъ къадруялда цебехун босулеб буго рагъул бахӏарчи, капитан Айтбер Бижановасул цӏар.\nБатӏи-батӏиял соназ школалъе нухмалъи гьабуна: Хунзахъа Гӏабдусамад Батӏаловас (1955-58 сонал), фронтовик Гӏарип Мухӏамадовас (1958-1966 сонал) (гьесул заманалда рана школалъе кӏитӏалаяб минаги мастерскаялги). 1960-1970 соназ школа цебетӏеялъулъ жигарчилъи гьабуна Гьиматова Нупайсатица ва Сулейманова Патӏиматица.\n1970-1984 соназ школалъе нухмалъи гьабуна дунялалдаго цӏар рагӏарав педагогасул методика росдал школалда билълъанхъизабиялъ «бакӏалъулав Сухомлинский» абун цӏар лъурав Сагӏидов Мухӏамадица. 1975 соналдаса нахъе гӏуцӏана бечедаб тарихияб музей. Ракӏалда руго лъималазе музеялдеги рачун кьолел рукӏарал пайдаял, чӏагоял дарсал…\nЧорхол сахлъиялъ рехун тезегӏан школалъе бажарун нухмалъи гьабуна «1996 соналъ Россиялъул лъагӏалил директор», тӏадегӏанаб категориялъул мугӏалим Абакаров Гӏалица. Гьесул заманалда рагьана школалда цебесеб гӏанкӏабазул ферма (бокьараб тадбиралъе школалъул коллективалъул букӏунаан жидецаго гӏезарурал гӏиялъажалазул, гӏанкӏуязул, гӏанкӏазул гьан). Жакъаги, киса-кибго захӏматалъулаб тарбиялъул кьичӏи бакъваниги, хӏарисезул лъималаз школалъул цебебакӏалда гӏезабула картошка, ламадур ва пихъ.\n1999-2009 соназ школалъе нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, 2000 соналъ Россиялъул «Школазул гӏасруялъул директор» Хваджаев Хваджаца, гьесдаса хадуб — 2022 соналде щвезегӏан — гӏагараб ракь ва тарих лъазабиялда бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабурай, республикаялдаго машгьурал ТОКСалъул къокъабазул цояб — Хӏариколо отрядалъул нухмалъулей Хваджаева Патӏиматица. Хваджаевал ккола педагогазул тухумилан жидеда цӏар лъезе бегьулеб махщалилазул хъизам.\nГьабсагӏат школалъе нухмалъи гьабулеб буго Абакаров Мухӏамадица. Шагьаралда рахӏатаб гӏумруялдасаги вузазда преподавательлъун хӏалтӏиялдасаги цебеккуна Мухӏамад Гӏалиевичас вижараб росдал мактабалъул иш цебе бачин.\nРехселин цо-цо бергьенлъабазул хӏакъалъулъги. 1958 соналъ школалъул юннатазул кружок гӏахьаллъана Тӏолгосоюзалъулаб росдал магӏишаталъул выставкаялда. 1978, 1982 соназ школалъул пионеразул гӏуцӏи мустахӏикълъана ВЛКСМалъул ЦКялъул Хӏурматалъул грамотабазе, 1984 соналъ щвана СССРалъул ВДНХялда мазгарул медаль, чанго соналъ тӏатӏалаго ккуна Дагъистаналъул туристазулгун краеведазул слеталда цересел бакӏал, камичӏо районалъул лъай кьеялъул Реццалъул хъорщодаса…\nХӏариколо росдал школалъ 100 соналъ гӏезарулел руго сахал, лъайги иманги бугел гӏадамал, педагогал свак тун хӏалтӏулел руго росуги районги лъикӏаб рахъалдасан гурого бихьизабуларел выпускникал къватӏире риччаялъул масъалаялда тӏад. Таваккалал нухмалъулез (бегавулас, директорас, мугӏалимзабаз, росдал сахаватчагӏаз) росулъ рукӏа-рахъиналъе шартӏал гӏуцӏун, лъай кьеялъул иш роцӏинабун цӏигьабизе тӏаде босун буго Хӏариколо росу. Гьедин, умумузул кьалбазухъе тӏадруссунел руго лъикӏаб гӏумруялда хадуб гӏатӏиракьалде рахъарал гӏолохъанал хъизамал, чӏаголъулеб буго некӏсияб, тарих бечедаб Хӏарикил кули. Школалъин абуни, гьеб ишалъулъ ккола бищун кӏвар бугеб, рухӏияб бутӏа.\nБайрамгун, гӏагараб Хӏариколо росдал школа, жеги чанго гӏасруялъ кӏодо гьабизе хъван батаги дуца юбилей, сахаватал, лъай бугел цӏалдохъабаздалъунги сси бугел мугӏалимзабаздалъунги машгьурлъаги дур цӏар!\nФ. Мухӏамадова, Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редактор"}
{"slug": "kadruyal-borharab-kochiol-tahida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kadruyal-borharab-kochiol-tahida", "title": "Къадруялъ борхараб кочӏол тахида", "date": "2025-11-17 14:01:06", "categories": ["lit"], "text": "Дагъистаналъул халкъияв артист Мухӏамад Гӏабасовас – 60 сон\nАвар миллаталъул кочӏолаб гъасда къадруялъ борхараб тах дурги буго. Намусалъ угьараб, яхӏалъ бекӏкӏараб, хӏурмат тӏадегӏанаб, тӏокӏлъи босараб.\nМухӏамад Гӏабасов, халкъияв артист, хутӏила дур кечӏги халкъалъе даим. Магӏарул кечӏалъул къимат цӏунарав, къиматалда вуго магӏарулазе.\nБицана дур кечӏалъ магӏарул тарих, магӏалгӏан къвакӏарал магӏарулазул. Гӏагарал мугӏрузе ахӏана дуца. Ахӏи бана гӏадат-гӏамал цӏунеян.\nДур кечӏалъ рачуна лъимерлъиялде, гӏагараб росулъе, гьоболлъи базе. Гӏолохъанлъиялъул сухъмахъазухъе, сухъмахъал хисарал шагьрабазухъе.\nМагӏарул ясазул сабру — дур кочӏолъ. Магӏарул васазул кьвари – дур кочӏолъ. Магӏаруллъиялъул гьогьен – дур кочӏолъ. Гьуинлъи жубараб тӏагӏам – дур кочӏолъ.\nПагьму-гьунаралъул щибаб хӏокӏалъул къиса буго нижей дур 60 сон. Мугӏрузда кьучӏ лъураб дур кочӏол къисмат къарнабаз цӏунила гӏолел гӏелазе.\nПагьму-гьунаралъул тӏогьазда\nМухӏамад Гӏабасов лъаларев чи магӏарулазда гьоркьов ватиларин абунигицин, мекъи ккеларо. Аслияб къагӏидаялда гьев лъала, кочӏохъан хӏисабалда. Рорхатал мугӏруздаги согӏал кьурабаздаги тӏирщараб, барщараб Мухӏамадил кочӏол дуниял цӏакъго бечедаб буго. Дагьал церегӏан къояз, Мухӏамадида гӏумруялъул 60 сон баркизеги, жиндирго пагьму-гьунаралъул нухалъул хӏакъалъулъ гьес бицунелъухъ гӏенеккизеги, щвана гьесухъе Операялъул ва балеталъул театралде. Гьабсагӏаталда Мухӏамад хӏалтӏулев вуго гьеб театралъул директорлъун.\nГьавуна ва гӏуна Мухӏамад тӏабигӏат берцинаб Шамил районалъул Гьоор росулъ. Ва тӏоцере гьенир рагьана вукӏинесев халкъияв кочӏохъанасул пагьму-гьунаралъул нуцӏби. Гӏагараб росдал сухъмахъазул хӏалги бихьулаго, гьеб боржана магӏаруллъиялде. Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Мухӏамадил кечӏин абуни, къобахъанагӏан гӏолохъанлъулеб буго…\n1988 соналда Мухӏамадица лъугӏизабуна Дагъистаналъул культпросветучилище. Гьелдаса хадув микьго соналъ хӏалтӏана гӏагараб районалда. Гьеб цӏалиялда гӏей гьабичӏо Мухӏамадица. Цӏализе лъугьана ДГПИялъул музыкалияб факультеталде.\nМагӏарул музыкалияб маданияталъул борхалъиялде вахунеб тӏоцебесеб хӏокӏлъун гьесие букӏана 1996 соналда «Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏар щвей.\nГӏагараб районалда гӏуралго соназги хӏалтӏун, Мухӏамад хъизангун цадахъ вахъана Махӏачхъалаялде. Гьев хӏалтӏизе лъугьана гьанжего гьанже рагьараб Операялъул ва балеталъул театралде. Цадахъго творчествоялъулаб биография байбихьана «Дагъистан» кьурдул ва кочӏол ансамблялда. 2005 соналда Мухӏамад Гӏабасов мустахӏикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе.\n2017 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго Операялъул ва балеталъул театралъе. Инсул кьварараб тарбиялъул нухдасан ана гьесул васалги Салман ва Белек. Инсуцаго гӏадин, гьезги жакъа къоялъги, цӏар лъезегицин захӏматаб, магӏарул музыкалияб маданияталъе хӏабургъараблъун кколеб гьаб заманалда, борхатго ккун буго магӏарул кочӏол берцинлъиги чвахиги. Гьелги хӏалтӏулел руго гьебго театралда.\nРакӏалде щвезарилин, театралда хӏалтӏулаго, Мухӏамадица хӏарал цо-цо ролалги:\n— Г. Хӏасановасул «Хочбар» асаралда — Хочбар, С. Рахманиновасул «Алекоялда» — гӏолохъанав цыганав, Наби Дагиров «Ирчи Казак» — Ирчи Казак, Чайковский «Евгений Онегин» — Ленский, М. Кажлаев «Валида» — Мурад, А. Пушкин «Медный всадник» — Евгений ва цогидалги.\nМиллияб маданияталъул хаслъиги цӏунулаго…\nМухӏамадилгун, тӏоцебесеб иргаялда, бицен ккана, жакъасеб магӏарул кечӏ-бакъаналда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ:\n— Нилъеца цӏунизе ккола магӏарул кочӏол хаслъи. Хӏисаб гьабуни, чанха вугев жакъа гьединав кочӏохъан. Кочӏолъ рукӏине ккола магӏарул бахӏарчияб халкъалъул тарихги, умумузул гӏамал-хасиятги, гӏолохъанаб гӏелалъе гьарулел малъа-хъваялги. Гӏолохъабазени гьанже гьединал кучӏдул рокьулелгицин гьечӏо. Гьел рагӏабазухъцин гӏенеккуларо, гьезие гӏицӏго кӏанцӏезе щвани гӏола, кьурдулелинги абун. Дица абиларо гӏолохъаби щибго бичӏчӏи гьечӏел ругилан. Гьел гӏезегӏан цӏодорал, гӏакъилал руго. Амма гьезда рихьулел гьечӏо магӏарул кечӏ-бакъаналъул унго-унгоял концертал. Гьеб киналъулго ургъел тӏаде босулев чи гьечӏеб мехалда, хӏасилги гьадинаб букӏуна. Гьеб кинабго гӏун бачӏунеб гӏелалда кӏочене тани, нилъ рилизе-тӏагӏинеги рес буго. Мацӏги цӏарги нилъеца хадусел гӏелазе цӏунани, хвасарлъизе буго нилъер миллатги. Дирги букӏине буго концерт 28 ноябралда Гӏурус театралда. Цо-цо мехалда ракӏалде ккола рачӏинадай гӏадамалин абун. Гьезие жакъа бокьулеб буго батӏияб кечӏ. Магӏарул кочӏол тӏагӏам кӏочонеб буго.\nДица гьединго гӏемер пикру гьабула, масала, жакъасеб магӏарул кочӏол хаслъиги хвезе течӏого, гьеб ахӏулебги гьелъухъ гӏенеккизеги лъалеб, гьелъул тӏагӏамги бичӏчӏулеб жакъасеб нилъер гӏел цебеса ани, кинабдай букӏина магӏарул кочӏол къисматилан. Хвасар гьабизе ккараб хӏал буго гӏицӏго мацӏалъул гуребги – магӏарул кочӏолги! – ян бицана гьес.\nКечӏалъ лъикӏлъиялде ахӏула инсан\nАхираб заманалда гӏемер бицунеб буго кечӏ-бакъан гьукъараб бугилан. Гьелда тӏасанги жиндирго пикру загьир гьабуна халкъияв артистас:\n— Дир творчествоялъул аслияб темалъун ккола рокьи — Тӏадегӏанасде, диналде, Ватӏаналде, эбелалде, гӏага-божаразде, гьудул-гьалмагълъиялде, хъизан-лъималазде, чӏужугӏаданалде. Нижеца, кочӏохъабаз, чӏаго гьарула шагӏирзабазул кучӏдул. Масала, Хӏамзатил Расулил «Къункъраби» кечӏ. Гьеб кечӏ дунялалдаго машгьурлъана кочӏохъабаз ахӏиялдалъун. Гьединабго къисмат буго цогидал кучӏдузулги. Шагӏирзабиги гьечӏони, гьез хъвараб ахӏизе кочӏохъабиги гьечӏони, дида кколаха, гӏадамазе щолеб тарбиялъул бащдабгицин щвезе батиларилан. Масала, Цӏадаса Хӏамзатил «Гӏумруялъул дарсал», Инхоса Гӏалихӏажиясул «Кицабиял алфазал» ва цогидалги дунялалдаго машгьурал рагӏул устарзабазул дарсазухъги гӏенеккулел гьечӏони, тарбия кьолел гьединалго кучӏдулги рагӏулел гьечӏони, чӏороголъизе руго нилъер ракӏал. Унго-унгояб кечӏалъ кьола кутакаб тарбия. Гьанибго абизе бокьун буго – кечӏ ахӏулеб мехалда, гьелъул рагӏабазухъ гӏенеккизе лъалел ва бокьулел цӏакъго дагьлъулел руго. Гьелде кӏвар кьезе заманги некӏого щун бугоан, пайда щибха – гьеб иш тӏаде кколез гьелъул пикру гьабулеб гьечӏеб мехалда…\nУлбузул саринал лъица ахӏилел?!\nМиллаталъул букӏинесеб къисматалъул ургъел бугел цогидал гӏадамазего гӏадин, Мухӏамадиеги цӏакъ ургъел буго рахьдал мацӏалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул.\n— Эбелалъ, кинидеги къулун, рахьдал мацӏалда лъимаде ахӏулеб кечӏалдаса берцинаб сипатго бугебдай! Гьеб кечӏалъ гурищ лъимералъе гӏумруги кьолеб! Гьеб кечӏ гурищ даим нилъеда цадахъ бугеб, эбелалъ рахьдал мацӏалда ахӏараб кечӏ! Гьанжесел гӏолохъанал улбуз щиб мацӏалда ахӏизе бугеб лъимадуе кечӏ, рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏони. Гьелъул буго нилъер пашманлъи — кинаб мацӏалда абизе бугеб эбелалъ лъимералда нух битӏагийилан. Щай махӏрум гьабулеб лъимер гьеб берцинаб талихӏалдаса?! Жакъаги урхъула дун эбелалъул сариназухъ ва цо лахӏзаталъ гьитӏинлъула, гӏолохъанлъула… Мацӏ — гьеб буго нилъер щивасе Аллагьас кьураб бечелъи. Гьелъул къимат гьабичӏезда Досул ццин бахъине буго. Гӏолеб гӏелалда гьеб бичӏчӏизабизеги захӏмат буго, мацӏги цӏарги наслабаз наслабазе цӏунизе кколеблъи. Магӏарухъ гьелъул иш квеш гьечӏо. Мугӏрул чӏаго ругебгӏан мехалъ, доба мацӏ лъаялъе къварилъи букӏинаро. Кӏвар кьезе ккун буго шагьаралъул магӏарулазде…\nДагъистаналъул гӏадаталги гӏадахъ росун…\nВа гара-чӏвариялъул ахиралда нижер бицен ккана Операялъул ва балеталъул театралъул хӏакъалъулъ.\n— Опера, балетилан рагӏараб мехалда, гӏемерисез цебечӏезабула тӏубанго батӏияб сипат-сурат. Россиялда рукӏунел гӏадал. Нижеца хӏаракат бахъула опера букӏа, балет букӏа лъолелъул, батӏалъи гьечӏо, Дагъистаналъул гӏадатал-гӏамалал цӏунизе. Масала, Хӏамзатил Расулил «Хочбар» ва «Магӏарулай» асаразул кьучӏалда лъурал операялдаги балеталдаги гьелъул гӏахьалчагӏазда тӏад букӏана Дагъистаналъул хаслъи цӏунараб парталги магӏарул росу-ракьги. Киназдаго бичӏчӏулеб хӏалалда бицана ва бихьизабуна магӏарул тарих. Гьелги ва цогидалги асарал рихьизарулеб мехалда, Гӏурус театралъул кӏудияб зал кидаго кьабгӏун цӏунги букӏуна. Рачӏуна гьенире цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамалги, гьединго гӏолохъанаб гӏелги. Гьелъго бицунеб гьечӏищха тӏадегӏанаб искусство бичӏчӏулел гӏадамал нилъер рукӏинги. Дагъистаналъул къагӏида гьелъулъ цӏунун бажариги – гьеб буго театралъул гӏахьалчагӏазул пагьму-гьунаралъул тӏадегӏанлъи. Гьединал бажари бугел актераз ккураб театрги буго гьаб, — ан бицана Мухӏамадица.\nБаркиял гӏемерлъаги гӏумруялъул нухазда\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги баркула Мухӏамад Гӏабасовасда 60 сонилаб юбилей. Гьарула гьесул кочӏое даимаб роржен, искусствоялъул бищунго тӏадегӏанал тӏогьал мутӏигӏ гьаризе къуватги жан-жигарги, пагьму-гьунаралъе — кидагосеб роцӏенги буцӏцӏенги. Жеги гьарула гьев сахаватав инсанасе гӏемерал соназул талихӏаб гӏумру. Биччанте гьесул кечӏалъ жеги санаца рохизаризе магӏарулал. Машгьурлъи щванагӏан, гӏадатиявлъун хутӏарав магӏаруласул кучӏдузул хинлъи абадияблъун хутӏаги Дагъистаналъул музыкалияб маданияталда. Цогиги — Мухӏамадил кочӏол адаб гьабулезеги кӏудияб рохеллъун букӏина гьев вихьизавун вугин «Россиялъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъейилан абураб хабарги. Жеги данделъила нилъ Мухӏамадил кучӏдузул горсверуда 28 ноябралда…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "gialibeg-labgo-minut", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gialibeg-labgo-minut", "title": "«Гӏалибег, лъабго минут…»", "date": "2025-11-17 14:46:48", "categories": ["magiarukh", "rakialdeshchvej"], "text": "Дагъистаналда машгьурал речӏчӏухъаби кидаго рукӏана ва жакъаги руго. Лъида рагӏичӏеб Кӏикӏуниса Гӏусманил, Сали Сулейманил, Суракъат Асиятиловасул ва цогидазулги цӏарал. Гьезул кьерда хӏурматияб бакӏ ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ чанго нухалъ Дагъистаналъул, миллияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул, гӏолилазда гьоркьоб тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Совет Союзалъул (1960 сон), Гӏали Гӏалиевасул призалъе гӏоло тӏобитӏараб чемпионаталъул (1967 сон), «Динамо», «Урожай» ва «Локомотив» обществабазул эркенаб гугариялъул рахъалъ къецазда чемпионлъун вахъарав Гӏалибег Хӏажибековас. Эркенаб гугари бокьулезда ракӏалде щвезавиялъул мурадалда бицине бокьун буго гьесул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Цӏакъ захӏматаб ва жиндаса мисал босизе рекъараб букӏана Гӏалибегил гӏумруялъул нух. Гьев гьавуна Шамил районалъул Тӏелекь росулъ. Эмен хведал, 11 сон барав Гӏалибегица жиндего тӏаде босана хъизам хьихьиялъул, эбелалъе кумек гьабиялъул жавабчилъи. Гьарулаан батӏи-батӏиял хӏалтӏаби: бахъулаан рак, бекьулаан хур, къотӏулаан саман. 14 сон байдал байбихьана къадахъанлъи гьабизе.\nГӏел бащадаздаса гьев вукӏана ворхатав ва къуватав вас, гьединлъидал бажарулаан бокьараб захӏматаб хӏалтӏи гьабун. Амма кинабго хисана даргиязул росулъ къед балев гьесде тӏаде эркенаб гугариялъул тренер Мухӏамад Гӏалиев вачӏараб къоялдаса нахъе. Тренерас абуна: «Гӏалибег, Аллагьас дуе кьун буго зурбаяб черхги, лъикӏаб чӏаголъиги, хӏинкъи лъалареб ракӏги. Гьеб ккола кӏудияб бечелъи ва лъазе ккола гьелдаса битӏун пайда босизе. Дие бокьун буго мун гугаризе ругьун гьавизе», — ян. Гьедин байбихьана 16 сон барав Гӏалибегил спортивияб нух.\nБайбихьуда гугариялъул хӏалбихьи гьечӏев гӏолилас мугъчӏвай гьабулаан жиндирго къуваталде. Цо пуланаб къецалда машгьурав тренер А. Карапетянида бихьана Гӏалибег гугарулев куц, ва гьесда бичӏчӏана гӏолиласул лъикӏав гугарухъан вахъине вукӏин. Ва тренерас жиндаго тӏаде босана гӏолиласулгун тренировкаби гьариялъул жавабчилъи. Лъагӏалидасан цониги чи хутӏичӏо Гӏалибеггун гугаризе бажарулев. 18 соналда жанив цониги нухалда гьев къечӏо, Дагъистаналдаги вукӏинчӏо гьесулгун «бох бухьине» бажарулев бакӏаб цӏайиялъул гугарухъан. Гьев цеве вахъиндал, балагьараз, тӏадеги рахъун, ахӏулаан: «Гӏалибег, лъабго минут, Гӏалибег, лъабго минут», — абун. Гьелъул магӏна букӏана дандиясул мугъ гӏодоб цвизабизе гьесие лъабго минут гӏолин абураб.\n1960 соналда Махӏачхъалаялъул «Динамо» стадионалда унеб букӏана Совет Союзалъул гӏолилазул эркенаб гугариялъул рахъалъ турнир. 17 сон барав Гӏалибегица данде рукӏарал киналго гугарухъабазда тӏад бигьаго бергьенлъи босана, гьев вахъана СССРалъул чемпионлъун. Хадуб Хӏажибековас абуна: «Гьеб заманалда дида ракӏалде ккана дунялалда тӏад дидаса талихӏав чиго ватиларин», — абун.\nГьеб къоялъ Гӏалибегида аскӏове вачӏана дунялалдаго цӏар рагӏарав гугарухъан Кӏикӏуниса Гӏусман Гӏабдурахӏманов. Гьес чемпионасда къвал бана ва баркала кьуна. Хадур гьел лъугьана гьудулзабилъунги. Машгьурав гугарухъанас Гӏалибегие рагьулаан гугариялъул балъголъаби, рихьизарулаан приемал.\nЖиндирго бергьенлъаби ракӏалде щвезарулаго, Гӏалибегица абуна: «Киназго бицуна дир чорхол къуваталъул. Къуват букӏуна оцодаги хӏамидаги. Спортсменасе чара гьечӏеблъун ккола роцӏараб гӏакълу, жиндаго кверщел гьабун бажари ва хӏинкъи къинаби. Дун гӏемер гугарана дидаса бакӏал гугарухъабигун ва бергьунаан гьездаса. Щайгурелъул Аллагьас дие кьун гьечӏо хӏинкъиялъул асар. Речӏчӏухъанасе аслияб жо ккола щибабкъойилал тренировкаби. Бергьенлъаби щвеялъе гӏоло тӏезе ккола цӏакъ гӏемераб гӏетӏ», — ан.\nДол соназда Дагъистаналда дагьал гурони рукӏинчӏо цӏайи бакӏал гугарухъаби, гьединлъидал Гӏалибег рикӏкӏунаан цӏакъ къанагӏатаб гьунаралъул къей лъаларев речӏчӏухъанлъун. Гьев цеве вахъунаан эркенаб гугариялъул, самбоялъул, классикияб ва миллияб речӏчӏухъанлъиялъул къецазда. Гьесул бергьенлъабазул бицун казиятазда хъван букӏунаан: «Хӏажибеков вачӏана ва бергьана»; «Дагъистаналъул гъалбацӏалъ гьанжеги бергьенлъи босана», — ян.\nСпорталда цадахъго Гӏалибегица бачана Махӏачхъалаялъул медучилищеялда, гьеб лъугӏидал мединституталда гьабулеб цӏалиги. Цӏалуда цадахъго хӏалтӏун, гьес балагьизе ккана гӏумру гьабиялъе гӏарацги. Институт лъугӏарав Хӏажибековас тохтурасул хӏалтӏул хӏалбихьи босана республикаялъул психбольницаялда. Гьениб гьес хӏукму гьабуна: «Гьанивго хӏалтӏун чӏела, ботӏролъ жагъаллъи бугел талихӏкъаразе кумек гьабила», — ян.\nГӏалибегил гӏамал-хасияталъулъ букӏана хъулухъчагӏазе данде кколареб цо «гӏунгутӏи» – гьесда лъалароан хӏакимзабазе хӏелизе, кӏолароан ккараб рагӏи бадибе абичӏого чӏезе. Хвезе къо щвезегӏан гьесул рекӏелъ цӏунун хутӏун букӏана ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул тӏалъиялде бугеб ракӏхвей. Гьес абулаан: «Тӏасиял курсазде рахъине дица кумек гьабулел рукӏарал мукъсанаб лъаялъул тохтурзабазе цебего щвана «Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахӏикъав тохтур» абурал цӏарал. Гьеб цӏар кьезе хӏадурарал дир документал цо кӏудияв хӏакимасул столалда тӏад руго. Хӏалтӏила «Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏар щвезегӏан, бихьизабила дун гьелъие мустахӏикъав вукӏин», — ан.\nГӏолохъанал соназда Гӏалибег рикӏкӏунаан цӏакъ санагӏалъи гьечӏев чилъун, хасго милициялъул хӏалтӏухъабазе. Гьесда лъалароан нахъе къазе, гӏадат букӏана, танк гӏадин, тӏаде кӏанцӏулеб. Гьелдалъун милиционеразулгун кколаан дагӏба-рагӏи, вачунаан милициялде. Жиндирго букӏараб согӏаб гӏамалалъул бицунаго, гьес абуна: «Хъизамалдаги школалдаги нижее тарбия кьолаан кьварарал магӏарул гӏадатазда рекъон. Тӏад калам тун, нижеца тӏуразе кколаан херазул ва руччабазул адаб гьаби, загӏипасе кумек гьаби ва ритӏухълъи гьечӏолъиялда данде рагъи гӏадал гӏадатазул тӏалабал. Дол соназда магӏарул росабалъ кӏудияб кӏвар кьолаан лъималазе жамгӏияб тарбия кьеялде. Лъимадул гӏадлу хвезабиялъе кьварараб къимат кьолаан годекӏанире ракӏарараз ва хъизамалъул горсвериялда. Лъималаз тохаб жо гьабулеб бихьани, росдал чӏахӏияз гьезие кьварараб гӏадлу гьабулаан, гьелъие хӏалтӏизабизе бегьулаан хьоп ва рачел.\nШагьаралда дида гӏадлу-низамалъул батӏияб къагӏида батана. Дун лъугьана зараздалъун тохал гӏамалазде данде вагъизе. Къадарго гурони лъалароан гӏурус мацӏ, гӏолилас яги милиционерас цогидал къварид гьарулел рихьани, дир бераздаса канлъи босулаан, кӏолароан гьел бахьикъосазе «жесткий массаж» гьабичӏого тезе.\nГьеб гӏунгутӏиги гӏиллаялъе бачун, дие нух къана батӏиял улкабазул къецазде иналъе, гьединго махӏрум гьавуна спортменазе кьолел рукӏарал шапакъатаздасагун бигьалъабаздаса.\nДида хӏехьезе кӏоларо гьереси ва ритӏухълъи гьечӏолъи. Гӏумруялъго къеркьана ритӏухълъи цӏунун, амма херлъидал гурони бичӏчӏичӏо ракьалда тӏад ритӏухълъи гьезего гьечӏеблъи. Гьеб балагьулел чагӏиги, гьезда гьоркьов дунги ккола хӏакъикъиял «фантазиячагӏи», — ян.\nМилиционер вухунин абун ахӏи бачӏиндал, институталъул ректорасул буюрухъалдалъун, гьев ДГМИялъул общежитиялдаса махӏрум гьавуна. Шагьаралда чӏезе бакӏ гьечӏев Гӏалибег, босун чемодангун, ана ДГМИялъул ректор Мухӏамад Макъсудовасул рокъове. «Дун ректорасухъе вачӏун вуго», — ян, гьесул лъадуе жавабги кьун, гӏодов чӏана диваналда тӏад. Кватӏун рокъове щварав ректорасда гьес абуна: «Дур буюрухъалъ дун общежитиялдаса нахъе гъуна, шагьаралдаги дир ракӏчӏарав гьобол гьечӏо, гьелъ дица ният гьабуна гӏумру гьабун дун гьанив чӏезе. Дур кӏудияб квартира буго, хъизамалъул чагӏиги гӏемерал гьечӏо, киназего бакӏ гӏела», — ян.\nМакъсудовасда бичӏчӏана бигьаго Гӏалибег тӏаса хьвазехъин гьечӏеблъи. Гьединлъидал гьес, общежитиялъул комендантасухъеги ахӏун, гьебго сордоялъ Хӏажибеков живго вукӏараб бакӏалда рекъезавуна.\nРигьалде вахиндал, Гӏалибегица гӏолилазда малъулаан: «Тӏадегӏанав Аллагьас малъухъе гьабе гӏумруги магӏишатги. Инсан ракьалде вачӏун вуго лъикӏлъи гьабизе ва цогидазе кумекалъе ватизе», — ян.\nЦерегӏанго соназ гьесухъе гьоболлъухъ щварав дицаги хӏалбихьана Гӏалибегил лъадуца хӏадурарал хинкӏазул. Квандаса хадуб, Халикъасе реццги гьабун, гьес гьабуна гьадинаб дугӏа: «Аллагьасе рецц, язихълъиялда, пакъирлъиялда вукӏарав дие гьаб квартира кьуралъухъ, Тӏадегӏанасе дица нусго нухалъ бетӏер къулула гьалбадерие кьезе дир столалда тӏад ругел гьал тӏагӏамазухъ. Амин», — ан.\nНури Нуриев\nМакъала хъвана, гӏумруялъул ахирал соназда Гӏалибегилгун ккун букӏараб гара-чӏвариялдаса пайдаги босун."}
{"slug": "daru-gabulelul-cziodorgo-rukia", "url": "https://hakikat.info/?nationals=daru-gabulelul-cziodorgo-rukia", "title": "Дару гьабулелъул цӏодорго рукӏа", "date": "2025-11-21 10:59:47", "categories": ["med"], "text": "Гьабсагӏаталда дунялалдаго унеб буго микробазде данде къеркьолел дараби битӏун хӏалтӏизариялъул анкь. Гьединлъидал, РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул буюрухъалда рекъон, 17-24 ноябрь лъазабун буго Микробазде дандечӏей гьабиялъул анкьлъун. Гьелда бан гӏуцӏизе кколел тадбиразулги, бактериязулги, гьезде данде гьарулел дарабазулги хӏакъалъулъ нижее бицана Республикаялъул урологияб централъул тохтур-уролог Хӏусен Къадиевас.\n— Хӏусен, бактериязул антибиотиказде дандечӏезе бажариян сунда абулеб?\n— Нилъер цӏакан бахани, черх загӏиплъани, гьабула батӏи-батӏияб дару. Гьезда гьоркьор рукӏуна антибиотикалги – микробазулги, бактериязулги, вирусазулги ва инсанасул чорхол сахлъиялъе заралиял цогидалги жал тӏагӏинариялъе квербакъулел дараби. Амма гьединал дараби гӏемер яги мекъи хӏалтӏизаруни, бактериял гьезде ругьунлъула ва чорхолъа гьел инаризе бажаруларо. Гьеб мехалда тохтур хӏажатавлъун ккола жеги къуватал антибиотикал хӏалтӏизаризе.\n— Урологиялъул унти бугев чиясе кинаб хӏинкъи бугеб гьелъул?\n— Микробазулгун бактериязул хӏаракаталъул хӏасил ккола цистит (кӏващул цӏуни) ва пиелонефрит (ургьисалабазулъ рецӏцӏ ккей). Гьезде данде гьарулел антибиотиказде микробал ругьунлъун ругони, хьверд гӏемерлъула ва операция гьабизе ккола.\n— Бактериял кин ругьунлъулел антибиотиказде?\n— Гьеб буго тӏабигӏияб иш, амма дараби мекъи хӏалтӏизариялъ инсанасги кумек гьабула бактериязул гьеб хасият цӏунизе. Тохтурасухъе инчӏого, живго жинцаго сахлъизавизе лъугьарав чияс жиндиего зарал гьабула. Щайгурелъул гьесда лъаларо даруялъул роцен ва чан къоялъ гьекъезе кколебали.\nБактериязгун вирусаз зарал гьабула нилъеца рокъор хьихьулел хӏайваназеги. Гьезиеги гьарула уколал, кьола антибиотикал. Гӏемер дараби гьарураб хӏайваналъул гьан кваназеги лъикӏаб гьечӏо. Гьелъ антибиотиказде дандечӏей загӏиплъизабула.\n— Тохтурасда кин лъалеб пуланаб антибиотикалъ унтарасе кумек гьабулареблъи?\n— Гьабураб даруялъ лъабго къоялдаса кумек гьабулеб гьечӏони, гьеб хисизе ккола. Дару гьабилелде лъикӏаб буго вирусазул, микробазул антибиотиказде дандечӏей бугищ-гьечӏищали халгьабулеб анализ кьезе. Жеги лъикӏаб буго, кинабгӏаги антибиотик хӏалтӏизабилалдего анализ гьабуни.\n— Антибиотиказде ккунгутӏиялъе щиб гьабизе кколеб?\n— Захӏматаб хӏалалде ккелалде, кванилги рацӏцӏалъиялъулги низам цӏунизе ккола. Хӏалтӏизарила хурдузул дараби. Больницаялда ругел гӏагарал чагӏазухъе гӏисинлъимал рачунге, нужгоги гӏемер хьвадуге. Больницаялда вегун вугони, мадугьалзабазухъе гӏемер хьвадуге — гьениса цӏияб вирус щвезе рес буго.\nРакӏбацӏцӏадго хӏалтӏизе ккола гӏанкӏуял, хӏайванал хьихьулел предпринимателалги. Гьездаги бараб бугелъул инсанасул сахлъиялъул иш.\nРУЦалъул пресс-хъулухъ"}
{"slug": "sergej-melikovasul-halkalulgun-chlagoyab-efir-bajbihana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=sergej-melikovasul-halkalulgun-chlagoyab-efir-bajbihana", "title": "Сергей Меликовасул халкъалъулгун «чӏагояб эфир» байбихьана.", "date": "2025-11-27 18:17:31", "categories": ["sotsialiyab-giumru"], "text": "Исанасеб «чӏагояб эфиралда» тӏоцебесеб суал кьуна ЖКХялъул гӏунгутӏабазда хурхараб. Мисалалъе, тӏокӏаб чӏечӏого Махӏачхъалаялда ток ссунеб букӏиналъул.\n«Меликов ялъуни цогидав нухмалъулев вачӏунилан канлъи цӏикӏкӏунаро гӏадамазул рукъзабахъ. Гьеб буго цо-кӏиго соналъцин гуреб, анцӏ-анцӏ соназ халатбахъараб, жегиги тӏубан рагӏалде бахъинабизе кӏвечӏеб масъала. Гӏемерал соназ бухӏараб токалъухъ гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарац хӏалтӏизабулеб батичӏо гьел гӏунгутӏаби тӏагӏинаризелъун.\nГьеб масъала роцӏцӏинабизе хӏажат буго кьучӏаб программа. «Россети» АОгун цадахъ нижеца гьеб программа гӏумруялде бахъинабулеб буго, — ян абуна С. Меликовас."}
{"slug": "czo-haginir-hinkial-giadin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czo-haginir-hinkial-giadin", "title": "Цо хьагинир хинкӏал гӏадин", "date": "2025-12-01 16:12:10", "categories": ["gara", "obshestvo", "shapak-atal", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас шапакъаталги кьун кӏодо гьаруна республикаялъул гӏумруялда кӏвар бугеб лъалкӏ тарал дагъистаниял. Гьезда гьоркьор рукӏана Цӏунтӏа районалъул Сагьада росулъа Мухӏамад Гӏабдурахӏмановги Луизат Гӏалихӏажиеваги. Гьеб ккола гӏемер лъимал хьихьулеб хъизам. РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьезие кьуна «Родительская слава» абураб орденги Хӏурматалъул грамотаги.\n20 соналъ – школалда\nНижеца Мухӏамадги Луизатги ахӏана редакциялде гьоболлъухъ, баркана гьезда тӏадегӏанаб шапакъат ва гьезулгун гара-чӏвариги гьабуна.\n47 сон барав Мухӏамадги гьесдаса 10 соналъ гьитӏинай Луизатги гьаруна ва гӏуна Цӏунтӏа районалъул Сагьада росулъ. Школалда цӏалун вахъарав Мухӏамад ана армиялде ва, гьениса тӏадвуссиндал, байбихьана росдал школалда пионеразул кӏудияв вожатыйлъун хӏалтӏизе. Гьебго соналъ байбихьана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул географиялъул факультеталда заочно цӏализеги. «Гьениб букӏана ингилисгун география, тарихгун география ва геологиягун география малъулел отделениял. Геологлъун хӏалтӏизе ватӏаналдаса рикӏкӏад витӏизе гурин абун, дица тӏаса бищана тарихгун географиялъул отделение. Кутакалда бокьулаан дие география. Дицаго тӏасаги бищана гьеб ва гъираялда кьолаан цӏалдохъабазе дарсалги», — ян ракӏалде щвезабуна М. Гӏабдурахӏмановас.\n20 соналъ хӏалтӏана Мухӏамад школалда. Гьеб заманалда гьес гьабуна хъизам – ячана росуцояй Луизат. Цоцазе рокьунищ данделъарал нужан гьикъана дица гьезда. «Доб заманалда вокьи-вокьунгутӏиялда бараб букӏунароан ригьин. Эбел-инсуца кьураб бакӏалде анаха дунги. Инарин кин абилеб инсуда? Гьедин абизе бегьилин ракӏалдецин ккечӏо. Амма эбел-инсуца малъараб гьабиялдаса цогӏаги нухалъ ракӏбухӏичӏо дир», — ан бицана Л. Гӏалихӏажиевалъ.\nЛъималазе гӏоло рахъана гӏатӏиракьалде\nМагӏарухъ рукӏаго, хъизамалде кӏвар кьолей хутӏана Луизат. Хьихьулеб боцӏиги, рукъалъул хӏалтӏиги, гӏолел лъималги – гьеб буго чӏужугӏаданалда тӏадаб борч тӏубазаби. Соналдаса соналде кӏодолъана гьезул хъизам. Луизатица гьабуна 15 лъимер. Батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, Аллагьасул къадар щвана гьезул анкьгоясе. Гьабсагӏаталда гьезул буго микьго лъимер. Анлъго лъимер хьихьизе захӏмалъулеб бугин абун, гьел гочана гӏатӏиракьалде. Махӏачхъалаялда гӏагарлъухъ цебего босун букӏана гьез ракьул бутӏа. Лъимал кӏудиял гӏедал, гьел студенталлъун рахъиндал, жанир рукӏине гьитӏинабго мина балин хьулалда рукӏарал гьез гьанже жидеего мина базе ккана. «Магӏишат гьабизе захӏматаб бакӏ буго Сагьада росу. Ине-рачӏинецин бигьаяб иш гуро. Халкъалъул аслияб магӏишат бухьараб буго гӏи-боцӏухъанлъиялда. Бащдаб лъагӏелалъниги рес щоларо боцӏи гӏалахалде гъезе – гьеб бокьобго хьихьизе ккола, гьединлъидал гӏемераб рагӏи-хер хӏадуризе ккола. Хер бецизе ккола харицел-хъандироялъ, баччизе ккола хӏамуздаги лъун. Цодагьабниги бигьалъи букӏинилан, гочана ниж Дачный поселокалде», — ян бицана Луизатица.\nГьезул буго 10 сотых ракьул. Гьениб бана мина, боцӏуе бокьал ва хутӏараб ракь бекьула. Ракь цӏамхӏалаб бугелъул, гьениб ах гӏезабун бажаруларинги абуна Мухӏамадица. Амма аслиял кванил нигӏматал — картошкагун хъапустӏан, помидоргун охцер ва цогидалги — жидерго хуриса кваналин жидецаянги бицана гьес. Гьез хьихьула анлъго хӏайван, гьезда гьоркьоса ункъо — бечӏчӏулеб гӏака. «Рахьдал нигӏматал хӏадурула дица. Хьихьараб оц яги бече бичула. Бичизе хӏан, рахь, нису дир букӏунаро — рокъоб кванан, гьобол-гьудуласе садакъаде кьун, лъугӏула. Тукадаса рахь, нису, тӏорахь босуларо дица — дицаго хӏадурараб бокьула лъималазеги», — ян бицана Л. Гӏалихӏажиевалъ.\nЦояз цогидал хьихьун…\nГьелъие сундулъго кумекалъе ратула лъимал. Анлъго ясги кӏиго васги ругеб кӏудияб хъизам хьихьизе, гьезие тарбия кьезе захӏмалъуларищан гьикъидал, хъизамалъул эбелалъ абуна, чӏахӏияз гӏисиназул гӏадлу гьабулин абун. Бищун кӏудияй яс цӏалулей йиго медицинаялъул колледжалда, хадусей — гуманитариябгун педагогияб колледжалда. Бищунго гьитӏинав васасул буго лъагӏелгун микьго моцӏ. Хутӏарал школалде хьвадула.\nНилъер жамгӏияталъул бербалагьиялдаса рази гьечӏоан кӏудияб хъизамалъул эбел. «Цоял хӏикмалъула, цогидаз абула, мун гӏадаллъунищ йигей, захӏматаб заманалда гьалгуниял лъимал гьаризеян абун. Анкьабилеб лъимер гьабизе больницаялде щведал, тохтуралъ гӏемераб мацӏ бицана дие, яс больницаялдаго тезайизе мурадалда. Кин бегьулеб дирго лъимералдаса инкар гьабизе?! Дица инкар гьабичӏелъулищали лъаларо – дир тӏалабго гьабичӏо гьез. Дир хӏал щиб бугебан цӏехезе вачӏарав дир росасдаса балъго гьабуна гьез, дица яс гьаюраблъиги, дун захӏматаб хӏалалда йигеблъиги. Абизе бегьила, Аллагьасул хӏалкӏолъиялъго хваликьа йорчӏанин дунан.\nКӏудияб баркала буго микьабилеб лъимер гьабулаго дие хъулухъ гьабурал тохтурзабазе – кутакалда тӏадчӏун тӏалаб гьабуна гьез дир. Операция гьабизе ккана гьебмехалда. Отделениялъул нухмалъулелъ гьабуна операция. Гьелдаги бицана дица цебеккун тохтуралъ дир ракӏхвезабураблъиги. Анлъабго лъимер магӏарухъ гьабурай дида ракӏалде ккун букӏана, шагьаралъул тохтурзабазулъ гӏаданлъиялъул къатӏра хутӏун гьечӏилан — батӏи-батӏиял рукӏун руго гьелги», — ян ургъел бикьана Л. Гӏалихӏажиевалъ.\nГӏолилазе малъа-хъвай\nКӏудияб хъизам хьихьулев Мухӏамадие бигьаго гьечӏо гӏумру гьабизе. Учителасул пишаги тун, гьес байбихьана бакӏал раялъул махщелчилъи камил гьабизе. Гьитӏинго эбел-инсухъа щвараб тарбиялъ хӏалхьиялда вукӏине толаро гьев. Жиндаса кӏудиял вацазе минаби ралаго, ганчӏил къед базеги, цогидаб хӏалтӏи гьабизеги магӏарухъго ругьунлъарав гьев гьанжеги вукӏуна минаби ралев. Кьучӏ лъеялдаса байбихьун, тӏох баялде гӏунтӏун – кинабго хӏалтӏи бажарула гьесухъа. «Магӏарухъ гӏурал гӏолохъаби, 20 сон балелдего, рахъуна ганчӏил устарзабилъунги къадахъабилъунги. Нечезе ккеларищ, гьаб-доб хӏалтӏи дихъа бажаруларин абизе», — ян пикру загьир гьабуна Мухӏамадица.\n«Гьанже ригьнал гьарулел гӏолилазе кинаб малъа-хъвай гьабилел нужеца?» — ян гьикъидал, гьадинал жавабал кьуна гьез. Мухӏамадица абуна: «Лъимал кватӏун гьариялъул къварилъи букӏунарин чӏоге. Херлъараб мехалда лъималазул тӏалабалда рукӏинчӏого, лъималазул лъималазул агъазалда рукӏине ккола нилъ». «Гӏолохъанал хъизамазе дица гьарула рокьи, цоцазда ричӏчӏи. Биччаге рекӏелъе цоцазухъ рокьукълъи. Лъимал гьарураб мехалда, сваказе бегьуларо — нужер лъималлъидал гьел! Дида гӏемер рагӏула, гьал лъималаздаса свакан йигеб куцан къварилъахъдулей эбел. Цӏикӏкӏун кӏвар кье лъималазе тарбия кьеялде, рукъалъул гӏадлу гьабиялде ва бищунго аслияб – телефон рикӏкӏад гьабе!\nГьанже руччабазда гьоркьоб модаялда буго берцинлъиялъул салоналде, сауна-хӏамамалде, кафе-рестораналде хьвади. Нилъеда рихьула кӏутӏби чӏахӏалъизарун, кьунсрул къачӏан, хьвадулел руччаби. Гьеб буго Аллагьасда мал бай. Гьес кьуралдаса тӏокӏаб берцинлъи щай хӏажат бугеб? Гьедин къачӏадарал руччабазе жалго жидеего рокьуларо! Дун диего йокьула — биччанте цогидазе йокьунгутӏизе! Биччанте Аллагьас йижухъе дун къабул гьайизе аскӏор ругезги, нухда дандчӏваразги, гьудул-гьалмагълъиялъги. Аллагьас дие кьураб берцинлъиялдаса рази гьечӏев чи валагьугеха дихъ! Дирго ясаздаги гьедин малъула дица. Чӏужугӏаданалъ жиндирго рацӏцӏалъи чӏезабизе ккола, дагьа-макъабго «марафетги» гьукъиларо, амма черх хисизабизеян лъугьине теларо.\nХӏисаб гьабе: щивав инсан вижун вуго, жиндир хаслъи загьирлъуледухъ. Гьанже къотӏнор дандчӏвала цо коцонир тӏурал ясикӏабигӏанги цоцазда релълъарал гӏадамал. Кибха бугеб берцинлъи? Гьеб хаслъиялъухъ гурищ рокьи кколеб букӏараб бихьинчиясул? Цогидас сурукъайлъун тарайги йокьун гурищ хӏасрат бергьараб рокьул кечӏ хъвалеб букӏараб? Гьеб хаслъи тӏагӏунеб буго…», — ян бицана Луизатица.\n«Къаси – берцинай, радал — сурукъай» — гьедин абулеб буго гьанжесел ясазде бихьиназ. Цогидал шагьаразул гостиницабазде ккедал, гьеб пикру ритӏухълъулебги буго», — ян тӏаде жубана Мухӏамадицаги.\nХьихьулеб боцӏиги, гьабулеб рукъалъулгун хъизамалъул тӏалабги – дагьаб букӏунаро чӏужугӏаданалъул гъуждуз баччулеб хӏалтӏи. Гьелдаги гӏей гьабун чӏоларо Луизат. Гьей хӏалтӏана пекарниялда. Амма сахлъиялъе зарал кколин абун, Мухӏамадица течӏо хӏалтӏизе. «Гьанже лъималги гӏун руго, рокъобги къватӏибги дие кумекги гьабулеб буго гьез. Рес рекъараб хӏалтӏи балагьизе ракӏалда буго», — ян абуна гьелъ.\nКумек-квербакъиялъе цӏакъал мадугьалзаби ругинги абуна гьелъ. «Дун хӏикмалъула: цо тӏалаялда гӏумру гьабулел гӏадамал цоцазухъе унаро, саламцин кьоларо. Нижги мадугьалзабиги руго, цо хьагинир гьалдолел хинкӏал гӏадин. Кутакалда аваданал гӏадамалгун гӏумру гьабулеб буго нижеца. Дун кие аниги, дир ракӏчӏараб букӏуна: мадугьалзабаз гьел рехун толаро, квешлъиялъукьа цӏунула. Гьел ани, дунги балагьула гьезухъ. Батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби руго мадугьалихъ, амма вац-яц гӏадин рукӏуна», — ян бицана Л. Гӏалихӏажиевалъ.\nСанайил Мухӏамадица лъимал рачуна магӏарухъе – инсухълъи бихьизе, гӏагарлъи лъазе ва – бищун аслияб мурад – рахьдал мацӏ (цез мацӏ) кӏочонгутӏизе. Рокъобги гьеб мацӏалда кӏалъала гьел лъималгун. Дагь-дагьккун лъазабулеб буго мацӏарул мацӏги. Школалда анкьида жаниб кьолеб цо дарсил гӏемераб пайдаги букӏунарин абулеб буго Мухӏамадица. «Магӏарул мацӏ нижеца рокъоб малъила лъималазда, школалда цогидаб – дарги, лъарагӏ ва гь.ц. мацӏ малъулебани. Мацӏал лъаялъул зарал гьечӏелъул», — ан абуна гьес.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "geb-ko-giagar-gabize-hiasratalda-rugo-nizh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=geb-ko-giagar-gabize-hiasratalda-rugo-nizh", "title": "Гьеб къо гӏагар гьабизе хӏасраталда руго ниж", "date": "2025-12-01 16:23:05", "categories": ["obshestvo", "rakialdeshchvej", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Довги. Дойги. Кӏудияб рокьул кӏиго тӏегь. Цояб гьечӏони, цогидалъеги гӏумру бечӏалел. Кӏиго хӏасрат. Жиде-жидер анищазул куркьбалги хьвагӏулаго, гьел щвана моцӏрохъеги. Шагьримоцӏалъ гьезул гӏищкъуялъе кьун рукӏана берци-берцинал кьерал. Гьел релълъун рукӏана анкькьераб нуралда. Кьерал даималлъун хутӏана досулги долъулги гӏищкъул сагаялда. Рещтӏунаан гьел бакъул чӏораздаги. Бакъул щибаб чӏоралъ кьолаан хинлъи рорхатал мугӏрузул Лъаратӏа районалъул Гьобохъ росулъа мугӏрул цӏум Гӏубайдулагьилги ва Хунзахъ районалъул хьиндаллъи, Лъагӏилухъ росулъ бижараб хӏикматаб тӏегь Патӏиматилги гӏищкъул гӏидраялъе. Реэдулаан гьез гӏидраялда бижараб щибаб сум, анищал, пикраби. Ва кинабго къойил, рогьалилъ лъалъалаан гӏолохъанлъиялъул хӏасратаб щубалъ…\nГьадинаб букӏана досулги долъулги рокьул къиса. Ва гьеб къисаялъул даимал нугӏзаллъун хутӏана кӏиго хӏинчӏ – вас Мухӏамад, яс Динара.\nГьадинал пикраби рижана дир, Патӏиматилги Гӏубайдулагьилги хӏакъалъулъ «Дагправда» газеталъул мухбир Сабина Исрапиловалъ хъвараб макъала цӏалидал.\nВатӏаналъе гӏоло, халкъалъе гӏоло\nРедукторный поселокалде рачӏунаго, гьенир къадада чӏван ругел СВОялъул бахӏарзазда гьоркьобги буго Гӏубайдулагьил сурат. Суратазда ругел киналго гӏолохъаби мустахӏикъалги руго бищунго тӏадегӏанаб реццалъе. Нижеца газеталда хъвана гьезул цо-цоязул хӏакъалъулъ. Тӏахьалги риччалел руго гьезул хӏакъалъулъ. Гьел бахӏарзазул гьунаразул хӏакъалъулъ хадусел гӏелазе бицунел тӏахьал риччаялъе квербакъулеб буго Гӏубайдулагьил гӏумруялъул гьудул Патӏимат Пайзулаевалъ. Гьей сахаватай магӏарулалъе сайгъат гьабулеб буго жакъасеб макъалаги. Лъала гьаб гьитӏинабго макъалаялда бакӏ гӏезе гьечӏеблъиги гьай магӏарулалъ гьарулел ругел лъикӏал ишазул хӏакъалъулъ хъвазе.\nЩийха кколей Патӏимат Пайзулаева.\nФилологиял гӏелмабазул кандидат, ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул доцент, «Цолъиялъулъ къуват» («Сила в единстве») гӏуцӏиялъул нухмалъулей, Дагъистаналда бугеб СВОялъул ветераназул ассоциациялъул сопредседатель, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул эксперт, РФялъул Лъай кьеялъул Хӏурматияй насихӏатчӏужу, «Доблесть гор» программаялъул жюриялъул член. Дагъистаналъул бетӏер С. Меликовасул указалдалъун Патӏимат гьединго мустахӏикълъана лъабабилеб даражаялъул Хӏурматалъул орденалъе (Орден Почета третьей степени)\nПатӏиматил гӏумруялъул гьудул, гьелъул гӏумруялъул къисаялъул аслияв герой Гӏубайдулагь Ибрагьимов.\nРагъулаб машинаялъул командир. Отделениялъул командир. 136-абилеб бригадаялъул гьитӏинав сержант. Гьев мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе (хун хадув).\nПатӏиматги Гӏубайдулагьги цӏалулел рукӏана цого заманалда ДГПУялда. Патӏимат – Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда, Гӏубайдула — географиялъул факультеталда.\nЛъай-хъвай ккана гьениб. Ва гьез гӏуцӏана хъизан. Цӏакъго берцинаб, берккеялда хӏинкъараб талихӏ букӏана гьезул. Амма Аллагьасул хъвай батӏияб букӏун буго. Гӏубайдулагьица гӏумру кьуна Патӏиматил рокьуе гӏоло. Лъималазул талихӏаб букӏинеселъе гӏоло. Эбелалъул макьие гӏоло. Ватӏаналъул парахалъиялъе гӏоло. Халкъазул эркенлъиялъе гӏоло.\nДагьалъ цебегӏан Махӏачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана «Они сражаются за Родину» ва «Помним СВОих» абурал Патӏимат Пайзулаевалъ нухмалъи гьабулел проектазда рекъон къватӏире риччалел ругел тӏахьазул кӏиабилеб томалъул кӏиго тӏехьалъул цебелъей. Гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовги республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги. Ва гьениб дир лъай-хъвай ккана Патӏимат Пайзулаевалъулгун.\nСолдатазул лъудби, нужер магӏуялъ…\nГӏумруялдехун бербалагьи хисана Патӏиматил, Гӏубайдулагьица берал къанщаралдаса.\n— Университеталда дидаго тӏадаб хӏалтӏиги гьабун, лъугӏулаан дир хӏалтӏул къо. Гӏедегӏулаан рокъое, лъималазухъе. Рокъов вугеб мехалда, Гӏубайдулагьихъеги. Гьеб кколарищха чӏужугӏаданалъул аслияб хӏалтӏилъунги – хъизамалъул гъасда бакараб цӏадуегицин хинлъи кьей. Дирги гьедин букӏана… Амма гӏумру гьабиялъул къагӏидаги хаслъиги хисизе ккана дицаги, дунго гӏадал нус-нус руччабаз гӏадин. Бокьун букӏана Гӏубайдулагьил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазеги. Гьеб дица дагьаб хадуб хъвазеги батила. Амма россал чӏварал солдатазул лъудби рихьидал, дир пикраби хисана. Гьезул магӏуялъ ракӏ дагьабги бецӏцӏизабуна. Дида бичӏчӏана ниж цолъизе, гъункизе кколеблъи. Цоцазде рикьулел ургъелазги, бицунеб хабаралъги, цолъарал магӏил гаразги бигьа гьаризе рукӏана нижее камиял. Гьединаб къасдгун дица гӏуцӏана «Сила в единстве» абураб цолъи. Гьебго цӏаралда тана проектги. Гьеб проекталда рекъон, цолъиялда ругел пишацоял руччабазул кумекалдалъун гьабуна ва гьабулеб буго СВОялъул бахӏарзазул къисматал ва гьунарал хадусел гӏелазе ирсалъе теялъе хӏалтӏи. Цо мурадалде гьел руччаби руссинаричӏелани, захӏмалъизехъин букӏана гьезие россабазул хвел хӏехьезе. Гьезда бичӏчӏана жидеца гьабулеб бугеб хӏалтӏул кӏвар. Хӏалтӏуде машгъуллъарал гьезда цо лахӏзаталъ бичӏчӏана жал гӏадал руччаби гӏемерал рукӏин. Ва гьез, солдатазул лъудбуз, байбихьана гӏумру гьабиялъул цӏияб къагӏида, — ян бицана Патӏиматица.\nПатӏиматица бицунелъухъ гӏенеккидал, бичӏчӏана дида къварилъиялъ цолъизарурал гьел руччабазулъ бугебщинаб къуватги. Тӏадегӏанас гӏумру берцинлъиялъе, недегьлъи-хӏеренлъиялъе йижарай чӏужугӏадан къуватайлъун лъугьуней йиго, къоккедал.\nСундулъха бугеб чӏужугӏаданалъул къуват. Гьелъул магӏил гаразулъгицин буго цо хасаб къуват, къварилъи къезабун бажарулеб. Цоги гьезул къуват – къохӏехьеялъулъ. Къуватал руччаби. Щай? Сундуе гӏоло? Гӏумру берцинлъиялъе гӏоло! Лъималазе талихӏ гьимизе гӏоло! Россабазул рухӏазе гӏоло!\nДица Патӏиматиеги кьуна гьединаб суал.\n— Дир хӏакъалъулъ абуни, дун къуватайлъун гьаюнин Гӏубайдулагьил хвелалъилан абилаан. Дида бичӏчӏана, къвакӏичӏони, дир лъималазул талихӏ галадизе букӏин. Гьедин бичӏчӏизабуна дунгун цадахъ ругел руччабаздаги. Чӏужугӏаданалъул къуват гурищ гьеб – хвалде данде вас, вац, рос унелъул, нух битӏаги дарманилан, гьев нухарегӏи. Къуват гурищ гьеб – гьел чӏванин чӏегӏераб хабар бачӏиндал, иманалда гьеб къабул гьабун бажари. Гьединал руго дунялалъулго руччаби, хӏажалъи ккаралъуб жидер загӏиплъи къуваталде сверулел. Къуватайлъун чӏужугӏадан лъугьуна, гьелъул загӏиплъиялда кверчӏвазе цоги къуват бугони. Масала, росасул гӏагарлъиялъ кӏудияб квербакъи гьабуна дие, гьединайлъун лъугьине. Росулъ йикӏарай эбелги шагьаралде яхъана, кумекалъе. Гьел рукӏинчӏелани, гьаб жакъа гьабизе тӏаде босараб хӏалтӏулги бащдабгицин гьабизе бажаризеги букӏинчӏо. Амма бичӏчӏула цересел дирго гьудулзабазда аскӏоб ккараб гъалатӏги. Дун гӏайибияй йиго. Гӏолеб гьечӏо дир заман, гьезде кӏвар кьезеги. Лъала гьезда дун йичӏчӏулейлъиги, дица тӏаде босун бугеб ишалъул кӏварги.\nП. Пайзулаевалъе проектал гӏумруялде рахъинариялъе кӏудияб квербакъи гьабулеб буго Дагъистаналъул бетӏер С. Меликовас. Солдатазул лъудби гӏемер дандчӏвала гьевгун, дандрала гьаризе ругел хӏалтӏаби.\n— Республикаялъул бетӏерасул кумек букӏинчӏебани, гьалгощинал проектазда рекъон, хӏалтӏи гьабизе захӏмалъизе букӏана. Гьесулги Пачалихъияб Думаялъул депутат Жамалудин Набиевичасулги квербакъиялдалъун гӏумруялде бахъинабулеб буго «Истоки Героизма» абураб проектги. Гьелда рекъон гьарурал стендал руго Редукторный поселокалъул «Дракон» паркалъул къадазда ран. Гьединалго стендал, ай, «Истоки Героизма» проекталда рекъон, хӏалтӏаби гьаризе байбихьун руго республикаялъул щибаб районалда ва шагьаралда.\nГьединго кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго, «Дети Героев» абураб проекталда рекъон. Масала, лъималазе бахъулеб республикаялъул «Лачен» журналазул жилдазда лъун рукӏана СВОялда чӏварал солдатазул лъимал. Дир лъималазул сураталги лъун руго авар мацӏалда биччалеб «Лачен» журналалда. Гьайгьай, киналго бахӏарзазул лъималазул суратал журналазда лъунги бажарилищха. Гьединлъидал выставка тӏобитӏана «Россия — дир тарих» паркалдаги. Гьединго ракӏалде ккана гьединал выставкаби батӏи-батӏиял районазда ва шагьаразда тӏоритӏизеги. Гьенир гӏахьаллъизе лъималазул букӏунеб гъира бихьидал, рохелги пашманлъиги цолъула рекӏелъ. Умумузул суратазда аскӏорги эхетун, яги гьезул сураталги кодор ккун, лъимал рихьидал, бадисан гирула бухӏараб магӏу. Цадахъаб хӏалтӏул хӏасилги буго лъикӏаб. Нижер проектазул хӏакъалъулъ лъала Москваялдаги Россиялъул цогидал регионаздаги. Гьезги тӏадегӏанаб къимат кьуна нижер хӏалтӏуе. Лъала гьелъул хӏакъалъулъ Москваялда «Защитники Отечества» фондалъул нухмалъиялдаги. Чанго нухалда ахӏун рукӏана Москваялдеги, нижерго хӏалтӏул хӏалбихьиялъул бицине, — ян абуна Патӏиматица.\n«Чиллайдул гъалалги чахтӏинир тӏамун…»\nПатӏимитица гьелдго цадахъ ругел руччабазги кӏудияб кумек гьабула солдатазе тылалдасанги. Патӏиматил гӏуцӏиялъул гӏахьалчагӏаз гӏемер битӏула СВОялде материалияб кумек. Гьединго кӏочонаро гьезда къварилъиялда бугеб Палестинаялъул халкъги. Гьединал къуваталлъун руго жакъаги Дагъистаналъул руччаби жидерго загӏиплъигун ва недегьлъи-хӏеренлъигун цадахъ. Заид Хӏажиевас жиндирго кочӏолъ хъвавухъе, къоккани «чиллайдул гъалалги чахтӏинир тӏамун» россабазда, васазда, вацазда цадахъ, «чарамул къолден ретӏине» хӏадуралги руго гьел.\nВа гара-чӏвариялъул ахиралда Патӏиматица абуна:\n— Гьеб къо гӏагар гьабизе, хӏасраталда руго ниж, — илан.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "nus-nus-chiyasul-giumru-hvasar-gaburav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nus-nus-chiyasul-giumru-hvasar-gaburav", "title": "Нус-нус чиясул гӏумру хвасар гьабурав", "date": "2025-12-02 14:44:35", "categories": ["insan", "pismo"], "text": "2022 соналдаса нахъе тӏобитӏулеб буго хасаб рагъулаб операция. Гьениб бахӏарчилъи бихьизабулеб буго нилъер гӏолохъабазги. Квач-хинлъи, ракъи-къеч ва цогидал багьанаби цӏехечӏого, ватӏан цӏуниялъул борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазабулеб буго гьез. Амма рагъдаса рикӏкӏада ругел нилъер гӏемерисезда бичӏчӏулебцин гьечӏо, кинаб хӏалуцараб хӏал гьениб бугебали. Гьединлъидал нижеда ракӏалде ккана, хасаб рагъулаб операциялъул цебесеб кьерда ругел нилъер ракьцоязулгун бухьенги гьабун, гьенир ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ магӏарулазе бицине.\nЛъабго соналда жаниб дир лъай-хъвай ккана гӏемерал бахӏарчиял рагъухъабазулгун. Гьел руго тӏадкъай тӏубазабизе жигарал, кутакалда ватӏан бокьулел ва гьелъие гӏоло къеркьезе нахъе къаларел, амма жидерго хӏакъалъулъ хъвазе яги бицине нечолел бихьинал. Гьез сабурго, бугеб къуват-жанги кьун, гьабула жидеда тӏадаб иш. Жидер хӏаракат гӏорхъолъа араб бахӏарчилъилъунги рикӏкӏунаро гьез – щивав бихьинчиясда тӏадаб буго, къо ккедал, ватӏан цӏунизеян абула. Гьединавлъун ккола Ислам Нургӏалиев.\nГьесулгун дир лъай-хъвай ккана 2022 соналъул октябралда. Ниж, пачалихъалъул мобилизациялда гъоркье ккарал рагъухъаби, рачун унел рукӏана рагъул цебесеб кьералда гӏагарлъухъе. Бакӏалде щведал, нижехъе вачӏана цо гӏолохъанчи. Гьес нижее рикьана медицинаялъул алатал ва малъана, цебесеб кьерда рукӏаго нагагь лъукъани, щивас жиндиего ва аскӏов вугесе тӏоцебесеб медицинаялъул кумек кин гьабизе кколебали. Нижеда абуна, гьев Дагъистаналдаса вугилан.\nГьесулгун лъикӏаб гьудуллъи ккана хадубккун. Доб заманалда Ислам вукӏана медицинаялъулаб ротаялъул эвакуациялъул къокъаялда. Гьесда бихьана Мариуполалда букӏараб унго-унгояб жужахӏ, гьесул кумекалдалъун чӏаго хутӏана нус-нус рагъухъан – хӏакъикъаталдаги гьедин буго гьеб, щайгурелъул гьеб ккола Исламида тӏадаб борч, щибаб къоялъ гьабулеб захӏматаб хӏалтӏи.\n2023 соналъул хасалихъе дунги ккана медицинаялъул взводалде. Гьелда гъорлъ вуго 4-5 дагъистаниявги, гӏурусавги, эрмениявги. Щулияб гьудуллъи буго нижер. Дун медицинаялъул взводалде вачӏун анкь балелде гьелъие нухмалъи гьаби тӏадкъана прапорщикасул чиналда вугев Исламида. Кьалул майданалда гьесул жигарчилъигун хӏаракатги хӏисабалде босун, командованиялъ гьесие кьуна гьитӏинав лейтенантасул цӏарги.\nГьелдаса нахъе дун вуго Исламил нухмалъиялда гъоркь. Гьесухъа бажарана медицинаялъул взвод гъункизабизе. Кумек хӏажат бугин буюрухъ бачӏарабго, цо рагӏи абичӏого, цадахъ рахъуна взводалъул рагъухъаби. Буюрухъцинха кьезе кколареб – цо гьаракь бахъинги гӏола. Гӏолохъаби уна кьалул майданалда хутӏарал лъукъаралги чӏваралги нахъе рачине. Щивасул ругъназда катан къала, хӏажатал уколал гьарула ва цонигияв толаро авлахъалда рехун тун. Гьеб дида бихьулеб буго щибаб къоялъ.\nКомандирасул ихтияр буго, лъукъарал нахъе рачине рагъухъабиги ритӏун, живго блиндажалдаса халккун чӏезе. Амма Ислам гьедин чӏоларо – щибаб сапаралъ гьев вукӏуна жиндир нухмалъиялда гъоркь ругел рагъухъабигун цадахъ. Цо лъугьа-бахъин рехселин. Бачӏана буюрухъ: нижеда цебе бугеб майданалда лъукъарал рагъухъаби руго, амма тӏасан роржанхъулел тушбабазул «хӏанчӏаца» гьезда аскӏоре къазе толароян. Къватӏиве вахъана Ислам, цадахъ ана цогидав Исламги (Хасавюрт районалдаса лъарагӏав). Хӏалица нух бахъана гьез лъукъаразухъе ва ункъоявги вачун, тӏадруссунел рукӏана. Гьебмехалда гьезул машинаялда хадур лъугьана дол «хӏанчӏи». Кӏицӏул бахчизе ккана гьез машина, гьениса къватӏиреги рахъун, гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде кӏицӏул рачана гьез лъукъарал. Ва тушманасде данде кьвагьдана. Гьеб къоялъ гӏицӏго Исламица бортизабуна тушманасул анкьго FPV-дрон. Цояб – битӏахъего машинаялда аскӏоб, кӏиго-лъабго метралъул манзилалда.\nГьеб къоялъ Исламица цӏунана ункъо рагъухъанасул гӏумру ва зарал ккезе биччачӏо машинаялъеги. Бищунго аслияб жо – жагъаллъи-зарал ккечӏого, жалго тӏадруссана. Гьеб буго унго-унгояб бахӏарчилъи! Байбихьудасаго рагъул вахӏшилъи бихьулел нижер пишацоялцин хӏикмалъун рукӏана гьеб корониса гьел чӏаго рорчӏиялда.\nГьединал бахӏарзал руго нижеда гъорлъ. Кьалул майданалда хӏинкъи-къай лъаларел, ватӏаналъул борч бахӏарчиго тӏубалел, жидер бахӏарчилъи гӏадатияб жолъун рикӏкӏунел.\nМурад Багьилов, СВОялъул цебесеб кьерда вугев рагъухъан"}
{"slug": "energetikayalul-general", "url": "https://hakikat.info/?nationals=energetikayalul-general", "title": "Энергетикаялъул генерал", "date": "2025-12-03 12:56:13", "categories": ["insan"], "text": "Жакъа цебе чӏезабизецин захӏмат буго ток гьечӏеб гӏумру. Цебейин абуни къаси мехалда росаби рукӏунаан бецӏлъиялъ ханлъи гьабун, бадиб жо тунканиги, щибго бихьулареб куцалда. Кӏудияб къваригӏел ккани гурони, руччаби къватӏире рахъунароан, рахъине ккани, канлъи бихьиялъе гьезухъ букӏунаан я бакараб кан яги тӏилада бухьараб туртида бакараб цӏа. Цӏер къачӏел нартил чирахъазул загӏипаб канлъуца тӏуран мадугьалихъ ругел росабазул гӏадамал рухӏдаллъизаризего гӏадин, 1937 соналда Къахӏиб (Шамил) районалъул Тӏидиб росдал минаби гвангъизаруна «Ильичил чирахъаз». Гьеб хӏикмалъи росулъе бачарав чи ккола инженер Хӏажиев Расул Хъазанбиевич. Гьесул хӏаракаталдалъун Дагъистаналъул мугӏрузул районазда гьоркьоб тӏоцебе Тӏидиб росулъ бана лъел электростанция. Гьайгьай, гьеб букӏана гӏицӏго къаси заманалда хӏалтӏулеб мукъсанабго къуваталъул станция. Гьелъ «гьабураб» токалъул къуват гӏолаан росдал 250 цӏаракияда, гьединго школалъул ва колхозалъул минабазда токалъул чирахъал ракизе. Расулие лъураб памятник гӏадин, гьеб станциялъул мина жакъаги нахъе цӏунун буго.\nХӏажиев Расул гьавуна 1908 соналда. Гьесул эмен Хъазанби ва эбел Хадижат рукӏана лъикӏал, лъай бугел чагӏи. Захӏматалъулаб гӏумру Хӏажиевас байбихьана 11 сон бараб мехалда, Буйнакскиялъул консервабазул заводалда хӏалтӏулей эбелалъе кумек гьабиялдасан. Цӏалана Буйнакскиялда, цӏалуда цадахъго хӏалтӏана милициялда курьерлъун, къайи тӏад лъолев-чӏехьолев чилъун. Лъимерлъуда хӏехьезе ккараб гӏакъуба-къварилъиялъ лъадарана гьесул гӏамал-хасият ва гьев лъугьана захӏмалъиялдаса хӏинкъуларев, къварилъи хӏехьолев чилъун.\n1928 соналда Расул цӏализе лъугьана Москваялъул Энергетикияб институталде. Гьенив цӏалулаго гьес ячана Абиссиниялда гьаюрай тумай Миясат. Доб заманалда щуйилазда институт лъугӏарав Расул рикӏкӏунаан цӏакъ къиматав специалистлъун.\nЦӏикӏкӏараб лъай-махщелги гӏуцӏарухъанлъиялъе гьунарги бугев чи хӏисабалда, гьев тӏамуна жавабчилъи цӏикӏкӏарал гӏемерал хъулухъазде: «СевКавказэнергоялъул» инженерлъун, «Электротресталъул» директорлъун, РЭУ «Дагестан» Дагэнергокомбинаталъул управляющийлъун, «Энергопромалъул» начальниклъун, «Дагэнергоялъул» начальниклъун, ДАССРалъул Министрзабазул советалъул председателасул заместительлъун, ДАССРалъул Совнархозалъул председателасул заместительлъун.\nХӏажиевасул нухмалъиялда гъоркь гӏатӏид гьаруна Махӏачхъалаялъул ва Каспийскиялъул ТЭЦал, Хьаргаби ГЭС, бана Чирюрталъул ГЭС, кьучӏ лъуна Чӏикӏаб ГЭСалъе, нус-нус километралъул манзилалда рачана токалъул кварал, рана подстанциял…\nРасулица кӏвар кьолаан Дагъистаналъул гӏоразда гӏисинал электростанциял раялде, гьесул нухмалъиялда бана цо чанго гьитӏинаб ГЭС.\nХӏажиевасул бетӏерлъиялда Дагъистаналда гӏуцӏана цогояб энергетикияб система. Гьесул жигаралдалъун лъалаго лъикӏлъана ГЭСал раялъул ва гьел хӏалтӏизариялъул, гьединго гьеб бутӏаялда хӏалтӏизе тӏадегӏанаб лъай-махщалил кадраби хӏадуриялъул иш.\nМугӏрузул гӏоразда ва лъаразда токалъул станциял разе бугеб лъел нахърател балагьизе ва ругел ресал цӏехезе, гӏурумухъккун, гьев Сулахъалдаса Цӏунтӏе щвезегӏан лъелго ана. Гьеб сапаралъул кьучӏалда Хӏажиевас хъвана «Энергетические ресурсы Дагестана» абураб монография. 1941 соналда «под грифом «Секретно» абун, къватӏибе биччана гьелъул 400 экземпляр. Академик Б. Веденеевас гьеб хӏалтӏи рикӏкӏана Тӏолгосоюзалъего кӏвар бугеблъун.\nДагъистаналда машгьурлъун букӏана Хӏажиевасул цӏар. Вищун вукӏана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, мустахӏикълъана гӏемерал орденазе ва медалазе.\nРасулил рукӏана гӏемерал гӏелмиял хӏалтӏаби, масала, «Промышленность и энергетика Дагестана за 25 лет» абураб. Гӏелмуялъул гьеб бутӏа цебетӏезабиялда гьес лъураб бутӏаялъе лъикӏаб къимат кьуна нилъерги къватӏисел пачалихъазулги машгьурал специалистаз.\nЦӏакъ халатаб буго Расулица нилъер халкъалъе гьарурал пайдаял хӏалтӏабазул сияхӏ, гьезул бицун хӏалкӏоларо. Амма бицинчӏого бегьуларо цо лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ.\n50-абилел соназул авалалда кӏудияб къварилъи букӏана Махӏачхъалаялда гьекъолеб лъел. Гьединаб къварилъиялда халкъги тун, хӏакъ букӏинарищ гьеб лъеца ТЭЦалъул хӏухьел цӏорозабулеб бугони. Расулица ургъана, ралъдал лъимги хӏалтӏизабун, ТЭЦалъул хӏухьел цӏорозабизе бегьулеб техникияб проект. Гьелда рекъон Каспий ралъдада гъоркьан 8-9 метралъул гъварилъуда бухъизе кколаан 70 метр халалъиялъул тоннель. Москваялъ нахъчӏвана гьеб проект. Гьеб мехалда Хӏажиевас, кинабго жавабчилъиги жиндего тӏаде босун, хӏукму гьабуна тоннель базе. Хьаргаби ГЭСалдаса рачана хӏалбихьи бугел хӏалтӏухъаби. Мехелаз гьев вукӏунаан тоннелалда: тӏад гьелчолеб ралъад, тӏиналда бухъулеб тоннель, хӏинкъи букӏана, тӏаса тӏун тӏиногун, гьенибе лъим кӏанцӏиялъул. Тоннель бана, Каспиялъул лъим чвахана гьенибе, гьениса насосаз кьабана ТЭЦалде. Гьеб мехалда киназго бицунеб букӏана Расулил кӏудияб бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ. Живго СССРалъул энергетикаялъул министр П. Непорожнияс Хӏажиевасда баркана бергьенлъи ва гьесие кьуна гӏарцулаб шапакъат. Амма гьеб проекталда тӏад хварал нервабазги тоннелалда хӏалтӏулаго букӏараб хӏинкъиялъги, инфаркт ккун, Расул больницаялде ккана. Гьеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалъул заманалда абулаан гьесда «Энергетикаялъул генерал» абун.\nМагӏарул ва гӏурус гуребги, Расулида лъалаан лъарагӏ, азербайжан, ингилис ва немец мацӏал. Гьелъул кӏудияб кумек букӏунаан гьесие батӏиял миллатазул чагӏазулгун гӏаммаб мацӏ батиялъе ва гьезулгун гьудуллъи щула гьабиялъе.\nРасул гӏумруялдаса ватӏалъана 1967 соналда, гӏемерал планалги анищалги нахъе тун. Гьес бан букӏана гӏицӏго 59 сон.\nБаркала лъалел тӏидирхъабаз росдал бетӏераб къватӏалда лъун буго Хӏажиев Расул Хъазанбиевичасул цӏар ва гьесул сурат тӏад бахъараб мемориалияб хъарщи. Гьелда хъван буго: «Доброму и незабвенному нашему земляку – заместителю председателя Совнархоза Дагестана, строителю первой электростанции в селе Тидиб в 1937 году от благодарных земляков-тидибцев», — абун.\nХалкъалъул рекӏелъ вугебгӏан мехалъ инсан хваравлъун рикӏкӏине бегьуларин абулаан умумуз.\nЦӏакъав инженер ва лъикӏав гӏуцӏарухъан гуревги, Расул вукӏана рикӏкӏунев гӏалимчиги. Пайдаяб букӏинаан, дандеги гьарун, гьесул гӏелмиял хӏалтӏабазул хасаб тӏехь къватӏибе биччани.\nГӏун бачӏунеб гӏелалъе мисалалъе букӏина Расулил гӏумруялъул нухлул хӏакъалъулъ тӏехь хъвани. Беццараб букӏина, Хӏажиев ракӏалде щвезавиялъе, Дагэнергоялъул минаялда мемориалияб хъарщи чӏвани, гьединго Махӏачхъалаялъул яги Буйнакскиялъул цо къватӏалъе гьесул цӏар кьуни.\nНури Нуриев"}
{"slug": "murad-halkalul-giumru-likilizabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=murad-halkalul-giumru-likilizabi", "title": "Мурад — халкъалъул гӏумру лъикӏлъизаби", "date": "2025-12-04 10:59:39", "categories": ["gara", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Щибаб санайил, лъагӏел ахиралде щолеб заманалда, нижеца хӏаракат бахъула районазул нухмалъулелгун дандчӏвазе, гара-чӏвариял гьаризе. Аслияб мурадги — лъагӏалида жанир гьарурал лъикӏал ишазул, гьаричӏого хутӏаразул бицин.\nГьаб нухалда ниж дандчӏвана Гӏахьвахъ районалъул нухмалъулев Мухӏамад Муртазагӏалиевгун.\n— Мухӏамад, Гӏахьвахъ район ккола ракьалъул гӏатӏилъиялъул рахъалъ республикаялда бищун гьитӏиназул цояб. Гьелда рекъон, районалда церечӏарал масъалабиги гӏемер ратилароха.\n— ДРялъул бищун гьитӏинал муниципалитетазул цояблъун кколеб Гӏахьвахъ районалдаги руго гӏезегӏан кӏвар бугел масъалаби. Районалъул нухмалъулев хӏисабалда, дир мурад буго халкъалъул гӏумру лъикӏлъизаби. Дун гӏемер щола росабалъе, дандчӏвала гӏадамалгун, гӏенеккула гьез бицунелъухъ, гьабула гьеб киналъулго хӏасил.\nНижер районалда абизе бегьула гьитӏинаб Дагъистанилан. Гьанир гӏумру гьабун руго аварал, багвалал, гӏахьвалал, кӏкӏаралал…\nЦолъиялъулъ буго къуватин абулеб ахӏиялда гъоркь хӏалтӏи гьабула нижеца.\n— Нухмалъиялде вачӏиндал тӏаде росун рукӏарал масъалаби тӏуразарун бажаранищ?\n— Аслиял масъалаби ккола лъим, газ, нухал. Районалъул нухмалъиялда вугебгӏан заманалда бажарана Болъихъ-Кӏаратӏа нух хъил тӏун къачӏазе. Гьабсагӏаталда Кӏаратӏе лъим бачиналъул хӏалтӏи рагӏалде бахъунеб буго.\nЦӏолода-Тӏарада-Инхело росабалъе унеб лъел рогӏоро цӏигьабулеб буго. Гӏарчо-Маштада-Рачабулда-Гӏанчихъ росабалъги унел руго лъим бачиналъул хӏалтӏаби. Рагӏалде бахъун буго районалде газ бачиналъе проекталъулабгун сметаялъул документация хӏадур гьабиялъул иш.\n«Культура» абураб федералияб программаялъул кумекалдалъун, Тӏарада-Инхело ва Лъибищо росабалъ культураялъул рукъзабахъ ремонтал гьаруна ва гьел хьезаруна хӏажатал тӏагӏелаздалъун. Умумузул ратӏлил формаби ва музыкалиял алатал росана «Гӏахьвахъ» фольклорияб ва «Каратинка» лъималазул кьурдул коллективазе. Райцентралда Совет Союзалъул Бахӏарчи М.-З. Гӏабдулманаповасул цӏаралда бугеб сквер цӏигьабуна.\n— Нухазул бицани…\n— Республикаялда хъил тӏун нухал къачӏачӏел районазул цояб ккола Гӏахьвахъ район. Гьединлъидал гьанже гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго АО «Ахвах ремонтно-строительное управление» (РКУ) филиалалъул ва «Дагавтодоралъул» квербакъиялдалъун. Гьабсагӏаталда Тӏадмагъилъ-Кӏудиябросо участкаялда унел руго хъил тӏезе хӏадурлъиялъул хӏалтӏаби. Гьелдаго цадахъ къачӏа-кӏатӏаялъул хӏалтӏаби унел руго Кӏудиябросо-Изано нухдаги. Филиалалъ тасдикъ гьабураб графикалда рекъон, районалъул киналго росабалъ, гьоркьоса къотӏичӏого, гьарулел руго нухал къачӏаялъул хӏалтӏаби. Исана лъугӏана Кӏаратӏа-Гӏарчо нухде хъил тӏун. Гьединго рагӏалде бахъун буго Болъихъ-Цӏолода ва Местӏерухъ-Ингердахъ нухда реконструкция гьабиялъул ишги.\n— Токалъул ва росдал магӏишаталъул рахъ кин бугеб?\n— Токалъул бицани, 176 хӏуби хисана, 11 километралъул манзилалда кварал хисана, 13 трансформатор хисана, 51 интегрированнияб трансформаторалъул подстанция (КТП) къачӏана, 3,5 км изоляциялъулаб тел (СИП) хисана.\nГьеб кинабго хӏалтӏул гӏаммаб багьа бахана 8,8 млн гъурщиде.\nРосдал магӏишаталъул рахъ фермераз, СПКяз ва рекьарухъабазгун гӏи-боцӏухъабаз данде бачунеб буго, цебе гӏадинаб даражаялда гьечӏониги.\n— Районалдаса къватӏире унел гӏолилазул къадар цӏикӏкӏун бугищ?\n— Гӏолилал гӏатӏиракьазде иналъе гӏилла буго хӏалтӏи гьечӏолъи. Цӏали лъугӏидал, гӏолохъанал махщелчагӏазе бокьулеб буго шагьаразда чӏезе, росабалъ ракӏ рекъараб хӏалтӏи букӏунгутӏиялъ.\nМугӏрузул росабалъ гӏолилазе санагӏатал шартӏалги махщалида рекъараб хӏалтӏиги чӏезаби ккола цӏакъ захӏматаб масъала.\n— Спорталъе санагӏалъаби ругищ росабалъ?\n— Спортивиял залал гьечӏел росаби къанагӏатги гьечӏо. Кӏаратӏа бана кӏудияб ФОКОТ, футболалъул ва лъималазул спортплощадкаби рана Кӏаратӏа, Тӏадмагъилъ, Лъибишо ва цогидалги росабалъ.\nГьелъул хӏасилалда районалъул лъималазул командабаз Россиялъул даражаялда тӏоритӏарал батӏи-батӏиял къецазда росана цересел бакӏал, масала, футбол хӏан. Хасго гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьеб рахъалъ Халкъияб Собраниялъул депутат С. Айгубовасул нухмалъиялда гъоркь Цӏияб-Цӏолода росдал жамагӏаталъ спортивиял майданал ва залал разе.\n— Районалъул экономикияб цебетӏеялъе кинаб къимат кьолеб дуца?\n— Дица нухмалъи гьабулеб заманалда районалъул социалиябгун экономикияб рахъалъул цебетӏей гӏемерго лъикӏлъана, гьелъие нугӏлъиги гьабула щварал грантаз ва шапакъатаз.\n2022 соналъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏасилазул кьучӏалда, районазда гьоркьоб кӏиабилеб бакӏ ккун букӏана районалъ. 2024 соналда щвана тӏоцебесеб бакӏ.\n— Райадминистрациялъ яги росабазул жамагӏатаз гӏуцӏулел тадбиразе кумек гьабулел меценатал ругищ?\n— 2021-2024 соназул хӏасилазда рекъон, районалда гӏезегӏан кӏудияб хӏалтӏи гьабуна социалиябгун экономикияб цебетӏей лъикӏлъизабиялъул мурадалда, инвестициял хӏалтӏизариялъул рахъалъ.\nМасала, 2021-2024 соназда районалда хӏалтӏи гьабуна инвестораз, сахаватчагӏаз, спонсораз кьураб гӏарцуде гӏаммаб къагӏидаялъ миллиардгун 232 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурщиде.\nКӏаратӏа балеб буго рукъарулеб фабрика (ООО «Пронт» абураб гӏуцӏиялъул хӏаракат). Проекталъул гӏаммаб багьа ккола 209,0 млн гъурущ, хӏалтӏул бакӏазул къадар — 60 бакӏ. .\nЛъибищо росдае, инвестициял хӏисабалда, биччараб гӏарцул къадар 200 млн гъурщидаса цӏикӏкӏун буго. Гьезда гьоркьор руго: мажгит базе (100 млн гъурщил инвестициял), жамгӏияб бакӏ лъикӏлъизабизе, террасаби гьаризе (тренажерал, лъималазул майданал, фонтан ва цогидабги), росдал жанисел нухал къачӏай (бетон тӏей), спортивияб зал бай ва Лъисси росулъ мажгит базе.\nКӏаратӏа «Эко-отель Шале-Карата» турбаза бай.\nТӏукитӏа «Тукита-2000» абураб хӏухьбахъиялъул база баялъул хӏалтӏи гьаби.\n— СВОялда чан чи вугев районалдаса?\n— Гьабсагӏат СВОялда вуго 300-гӏанасев чи.\nРайадминистрациялъул хӏалтӏухъаби гьоркьоса къотӏичӏого щола гьезул рокъоре, къваригӏараб кумек гьабула.\nУчреждениязул хӏалтӏухъабаз ва школлъималаз гьаруна хандакъазул хӏедучирахъал ва гьединго гьел ритӏана рагъулаб зонаялде. Гьал къоязда «БАРС» абураб волонтеразул гӏуцӏиялъул хӏаракатчагӏиги гӏахьал гьарун, СВОялде битӏана иргадулаб гуманитарияб кумек.\n— Кватӏичӏого рукӏине руго рищиял. Цӏидасанги гьебго хъулухъалде вищани, районалъе пайдаял кинал ишал гьаризе ракӏалда бугеб?\n— Дида ккола гьаб щуго соналда жаниб дица ва дунгун хӏалтӏулел гӏолохъабаз саламатаб хӏалтӏи гьабунин абун.\nГьаричӏого хутӏаралги масъалаби гӏезегӏан руго. Гьел ккола район газалдалъун хьезаби, райцентралъул аслияб кӏиго къотӏнобе хъил тӏей, рукъарулеб фабрика хӏалтӏизе биччай, гьениб 60 чиясе хӏалтӏи чӏезаби ва поликлиникагун ясли-ах рай. Гӏарчо, Гӏанчихъ, Рачабулда, Маштада ва Ингердахъ, Цӏолода, Тӏарада-Инхело росабалъе лъим бачин. Маштада ччукӏулеб бакӏ рукӏалиде бачин, Кӏудиябросолъ амбулаториягун культураялъул центр ва лъималазул лагерь бай, лъикӏ цӏалулел лъималазул центр рагьи. Гьединалго хӏалтӏаби гьаризе руго, жамагӏатазда дандги бан, цогидал росабалъги.\n— Ахирал соназда кутакалда дагьлъун руго районалъулги республикаялъулги газетал хъвалел гӏадамал. Дур пикруялда, щиб кколеб гьелъие гӏилла?\n— Гӏемерисезухъ руго телефонал, щибаб рокъор — телевизорал, гьенисан бокьараб информация щолеб буго. Букӏаниги, нилъерго мацӏ цӏуниялъе ва миллаталъул къадру борхиялъе гӏоло дица учреждениязул нухмалъулезда лъазабула районалъул «Заман» ва республикаялъулаб «Хӏакъикъат» газетал хъвазе кколин абун. Хадубккунги гьеб суал роцӏинабиялъе бажарараб квербакъи гьабизеги буго.\nГара-чӏвари гьабуна Рукъият Гӏалисултановалъ."}
{"slug": "herliyale-mukiurlichiev-magiarulav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=herliyale-mukiurlichiev-magiarulav", "title": "Херлъиялъе мукӏурлъичӏев магӏарулав", "date": "2025-12-04 11:20:03", "categories": ["gara", "insan"], "text": "Ноябралъул байбихьуда Югалъулаб Кореялъул Ульсан шагьаралда букӏана чӏорбутӏ речӏчӏиялъул Дунялалъул кубок. «Корейская мишень, 145 м» абураб номинациялда гьениб меседил медалалъе мустахӏикълъана Шамил районалъул Тӏелекь росулъа Мухӏамадгӏарип Мирзаев. 400 спортсменасда гьоркьоса чемпионлъун вахъарав гьевгун гьал къоязда дандчӏвана «Хӏакъикъаталъул» редакция. Мухӏамадгӏарипида ракӏ-ракӏалъ бергьенлъиги баркун, гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги ккана.\n— Мухӏамадгӏарип, кида байбихьараб дуца чӏорбутӏ речӏчӏизе?\n— Чӏорбутӏ речӏчӏи нилъер бидулъго бессараб спорт бугин абула дица. Гьитӏинаб мехалда росулъ, цӏулал чӏорбутӏги гьабун, чӏоралъул бегӏераб рахъалда маххги рекъезабун, речӏчӏулаан чӏорал. Политехникияб институталдаги цӏалун, рукъалдеги вуссун, магӏишат-яшавалда вугев дида чӏорбутӏ ракӏалдецин щолароан. 2016 соналда гьалмагъас абуна, рилълъа цо тиралда чӏорбутӏ речӏчӏизе бажарулищали бихьизеян. Гьеб къоялдаса нахъе байбихьана дица чӏорбутӏ речӏчӏизе мухӏканго ругьунлъизе. Щайгурелъул гьеб буго нилъер диналъги къабул гьабулеб спорталъул тайпа. Мухӏаммад аварагасул (с.гӏ.в) чанги хӏадис буго, чӏорбутӏ речӏчӏизе вас ругьун гьавизе инсуда тӏадаб бугилан бицунеб.\n— Чан улкаялъул вакил гӏахьаллъарав гьел къецазда?\n— Югалъулаб Кореялда исана тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏана чӏорбутӏ речӏчӏиялъул батӏи-батӏиял тайпаби гъорлъе рачараб Халкъазда гьоркьосеб кубок. Гьелда гӏахьаллъана 32 улкаялдаса 42 къокъа. Кинавниги вукӏана щунусгоялде гӏагарун спортсмен. Гьенир тӏоритӏана гӏадаталда рекъон чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къецал. Россиялда буго чӏорбутӏ речӏчӏиялъул анлъго тайпа. Гьезда гьоркьоса бищунго захӏматаб ккола гӏадатияб (традиционный) тайпа. 2023 соналда Россиялъул гӏадатияб чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къокъаялъул нухмалъулевлъун вищана нилъер дагъистанияв, лъарагӏав Жамал Магьдибеков. Кореялдаги вищана гьев «Ассоциация традиционной стрельбы из лука» абураб гӏуцӏиялъул членлъун. Дунялалъулго Ассоциациялъул анкьго членасда гьоркьов вуго нилъеравги. Гьединаб къадруги гӏелму-лъайги бугев чи вуго Жамал.\n— Гӏицӏго тарихияб чӏорбутӏ речӏчӏийищ Кореялда букӏараб?\n— Къецазул букӏана ункъо номинация:\n«Жамбы ату» – гьеб ккола казахазул тарихияб спорт. Гьелда рекъон спортсменас чӏорбутӏ речӏчӏизе ккола 30 метралъул манзилалда 150 сантиметралъул борхалъиялда кварида дализабураб ва 25 сантиметралъул борхалъиги 15 сантиметралъул гӏеблъиги бугеб хьвагӏолеб горалде. Гьеб горги букӏуна меседалъул къотӏел гӏадин гьабураб. Чӏорбутӏ речӏчӏизе ккола кварида, гьеб тӏезабурав чиясе щола доб кесекги.\n«Турецкая пута» — турказул тайпа. 70 метралда букӏуна генул гӏадаб сурат бугеб 110 сантиметралъул борхалъиги бищун гӏебаб бакӏалда 70 сантиметрги бугеб чӏел.\n«Венгразул чӏел» — гьениб чӏел букӏуна 90 метралъул манзилалда. Гьелъулги букӏуна 60 сантиметралъул гӏеблъиги 120 сантиметралъул борхалъиги. Гьеб букӏуна ракьалда эхетизабун.\nЮгалъулаб Кореялда бищунго рикӏкӏунеб ва кибго тӏибитӏизабизе гьезие бокьараб тайпа ккола 145 метралъул манзилалда чӏорбутӏ речӏчӏи. Чӏелалъул борхалъи букӏуна кӏиго метргун 66 сантиметр, гӏеблъи – кӏиго метр. Цогидал чӏелазда тӏад хъван рукӏуна, чӏорбутӏ щвараб бакӏалъе къимат кьолел тарихал, Кореялъул чӏелалда гьел рукӏунаро – бокьараб бакӏалде чӏор щваниги, чӏел босараблъун рикӏкӏуна.\n— Къецазул къагӏида кинаб букӏараб?\n— Тӏоцебе речӏчӏула квалификациялъе гӏоло. Щуго чӏор кьола щуцӏул речӏчӏизе. Гьедин щварал хӏасилазда рекъон риччала хадусеб бутӏаялде. Квалификациялда дие щвана 18 очко. Гьедигӏанго очко щвана анкьго чиясе. Цониги чӏор щуйилалде щвечӏо дир, жеги хӏалбихьиялъул речӏчӏиялда гӏахьаллъунги вукӏинчӏо, гьединлъидал дун ккана 14-абилеб бакӏалде, гӏезегӏанго къуватав спортсменасде данде. 1/8 бутӏаялда вукӏарав 16 чиясда гьоркьов киналго рукӏана кореялъулал, цохӏо дун хутӏизегӏан. Цогидал тайпабазул къецазда гӏахьаллъана Малайзиялъул, Белоруссиялъул, Казахстаналъул, нилъерав — Башкириялдаса ва цогидал улкабазул спортсменал. Дун вугеб бутӏаялда букӏана хӏалуцараб къец – гьелда кидаго кореялъулавлъидал бергьунев вукӏарав. 1/8 бутӏаялде дун ворчӏицин кӏудияб рохел бугинги гьеб бергьенлъилъун рикӏкӏине бегьулинцинги абун, дида аскӏове баркизе вачӏана Россиялъул командаялъул тренер.\n— Цого стадионалдайищ тӏоритӏарал киналго тайпабазул къецал?\n— Кореялъе ругьунаб тайпаялъул чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къец тӏобитӏана хасаб, некӏсиябинцин абизе рекъараб, гӏицӏго чӏорбутӏ речӏчӏиялъе хӏалтӏизабулеб стадионалда. 30, 70 ва 90 метралде речӏчӏулезул къецал рукӏана батӏияб бакӏалда. Кӏиябго стадионалда гьоркьоб букӏана бащдаб сагӏаталъул нух.\nСтадионалде ниж щвана цогидал спортсменаздаса бащдаб сагӏаталъ цере. Жамалица дида абуна, гьанже нилъ ругила гьалъул бетӏергьаби. Цере рачӏаразлъидал хадусел спортсменал къабул гьарулелан — дие ракӏ-макӏ гьабулев вукӏана гьев. «Кореялъул спортсмен вуго жиндирго улкаялъул къадруялъе гӏоло къеркьолев чи. Гьединлъидал досул рекӏел хӏалуцинги (спортивный мандраж) цӏикӏкӏараб букӏине буго. Кореялъулазда гьоркьове цохӏо мунлъидал ккун вугев, дуда нахъа буго хутӏараб кинабго дунял», — ан хабар бицана гьес дие.\nГьедин къецал байбихьизегӏан ругел нижеда аскӏове гӏемерав чи вачӏана. Дида тӏад ретӏун букӏана чӏегӏераб чухъа. Хъахӏаб партал тӏад ретӏарал корейцазда гьоркьов чӏегӏераб чухъа бугев дун «хъахӏаб гъеду» гӏадин вугилан махсара гьабулаан дица Жамалие. Чухъил каранда ругел гъазиралги рихьизарун, гьел сигара лъезейищ гьарун ругелан цӏехолдана Югалъулаб Кореялъул спортсменал дида. Бичӏчӏизабунаха, гьеб миллияб партал бугин ва гьениб тункӏил хер балаанин абун.\n— Кореялъул халкъалъ кин къабул гьавурав жидер миллияб спорталда бергьенлъи босарав чияр ракьалъул вакил?\n— Кутакалда аваданал, гьитӏинаб жоялдасаги рохулел гӏадамал ратана гьел. Спортивияб яхӏ бугел, къедал къадруялда рукӏине лъалел спортсменал руго гьел. Къецалъул щибаб бутӏаялда бергьенлъи босанщинахъе квер бачунаан, къвал балаан гьезул спортсменас. 1/4 бутӏаялда дида данде вукӏарас, чӏор речӏчӏун хадуб чӏелалъухъ балагьизецин инчӏого, дида къвалги бан, дир квер эхеде борхана. Бащдаб финалалда дун бергьиндал, дозул спортсменас дир квер бачана ва цадахъ сураталги рахъана.\nМеседилаб финал букӏана хадусеб къоялъ. Къецал байбихьилелде щивасул чӏорал лъолеб бакӏида диргоялги лъуна дица. Дида данде чӏор речӏчӏизе вугев спортсменас, дихъа ихтиярги босун, мухӏканго халгьабуна чӏоразухъ ва, гьезул цоябги босун, дида аскӏове вачӏана. Гьеб рачӏалдаса кьватӏун бугоан. Гьаб речӏчӏизе бегьулароян бичӏчӏизабуна гьес дида: гӏужде щвеялъе квалквал букӏуна жагъаллъараб чӏор речӏчӏани. Гьелъги бихьизабуна кореялъулазул дандиязде жахӏда гьечӏолъи.\nГӏадатиял гӏадамалги рачӏунаан аскӏоре гьикъаризе. Чан сон бугебан гьикъидал, дица бицана 60-ян. Хӏикмалъана гьел ва «Опа!», — ян ахӏана. Гьеб щибин абураб жоян гьикъидал, «кӏудияв вац» абураб магӏна ккола гьелъулан абуна. Гьитӏинав вац кинха букӏунебан гьикъана дица. «Тен сен», — ан бицана. Гьелдаса нахъе дида Опаян, дица дозда Тен сенан гьабулаан калам.\nДозул вукӏана цо къадруяв спортсмен. Финалалде ворчӏичӏо дов. Гьес ниж рачана жидерго спортзалалде ва дие сайгъат гьабуна 16 чӏорги жиндирго цӏар тӏад хъвараб чӏорбутӏазда балеб горги.\n— Финал цӏакъ хӏалуцараб букӏун буго къецалъул…\n— Финалалдаги ихтияр кьуна лъабцӏул щу-щу чӏор речӏчӏизе. Дица речӏчӏун, дос речӏчӏун – хӏасил бащадго ккана. Нахъеги кьуна щу-щу чӏор кӏиязухъего, гьединго иргадал речӏчӏизе. Щуябго досулги гӏужде щвана, дирги. Нахъеги кьуна щу-щу чӏор щивасухъе. Абуна, цоясул чӏор гӏужде щвечӏого хутӏизегӏан речӏчӏизе кколилан. Дандияс речӏчӏараб тӏоцебесебго чӏор гӏужде щвечӏо, дираб щвана.\n— Сунца дуе кумек гьабураб гьеб тӏадегӏанаб бергьенлъи босизе?\n— Аллагьас. Гьесул хӏалкӏолъиялдалъун буго кинабго. Финалалде щвезегӏан, цониги нухалда щуябго чӏор гӏужде щвечӏо дир. Цо нухалданиги киналго чӏорал гӏужде щвезаризе кумек гьабеян гьардана дун Бетӏергьанасда – финалалда гьедин ккана.\nИнсанасда бер ккола, рекӏелъ хӏинкъи-сороди бачӏуна. Гьел жалазукьа цӏуниялъул мурадалдаги, къецалъул щибаб бутӏаялда гьоркьосеб заманалда Къуръаналъул аятал цӏалулаан дица, Аллагьасул квербакъи гьарулаан. Чӏор гӏужде щун бугищ, чан очко щвараб – киналъулго халги гьабун, судияв аскӏове щвелалде, анкьцӏул аятал цӏализе рес букӏана дир.\nКумек гьабуна къецазда гӏахьаллъулел рукӏарал спортсменал-бусурбабаз дир рахъкквеялъги. Щибаб бутӏаялда дир бергьенлъиялъе «Аллагьу акбаран!» ахӏулаан гьез цадахъго.\nP.S. Югалъулаб Кореялда тӏобитӏараб турниралда гӏахьаллъараб Россиялъул командаялда вукӏана щуго спортсмен. Гьезда гьоркьоб М. Мирзаевасе щвана меседил медаль. Цогидал тайпабазда спортсменазе щварал хӏасилалги кьочӏое росун, 32 улкаялдаса 42 командаялда Россиялъул командаялъе щвана щуабилеб бакӏ. Дагъистаналда ва Кавказалда цохӏо вугев халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер Мухӏамадгӏарип Мирзаевасе хадусел къецаздаги икъбал гьарана нижеца гара-чӏвариялъул ахиралда.\nГара-чӏвари гьабуна К. Сулеймановалъ."}
{"slug": "vasasul-urgalicza-maku-chӏvaraj-ebel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=vasasul-urgalicza-maku-chӏvaraj-ebel", "title": "Васасул ургъалица макьу чӏварай эбел", "date": "2025-12-08 14:08:13", "categories": ["obshestvo", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Араб гьатӏанкъоялда Россиялда кӏодо гьабуна Эбелалъул къо. Гьелъул хӏурматалда «Хӏакъикъаталъул» редакциялде ахӏун рукӏана Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда (СВО) гӏахьаллъулел рагъухъабазул улбул.\nРагъухъабазул хъизам\nПатӏимат Мухӏамадовалъул ункъо васги бетӏергьанчиги ккола СВОялъул гӏахьалчагӏи. Гьелъ абуна, гьабсагӏаталда бищун гьитӏинав вас Хӏажимурад рокъов вугин (гьев вукӏана армиялда борч тӏубалаго, Курск областалъул гӏорхъода). «Гъоркьиса Курск областалда рагъулал лъугьа-бахъинал ккелалде Хӏажимурадги гьалмагъзабиги гьениса нахъе рачун рукӏана. Хадур гьел ритӏана Белгородалде ва гьенир рукӏана апрелалъул ахиралде щвезегӏан. СВОялда гӏахьаллъулаго, марталда гьев лъукъана. Госпиталалдаса отпускги кьун, рокъове вачӏун вукӏана ва цӏидасан ана армиялде. Гьесул армиялъул болжал лъугӏана. Контракт хъвазе бокьичӏо гьесие ва рокъове вачӏана», – ян бицана гьелъ.\nРагъулъ ругъналги щун, гьабсагӏаталда отпускалда вуго Патӏиматил бетӏергьанчи Руслан Мусаевги. Гьев СВОялде ана, жиндиего бокьун. Аслияб гӏиллалъун букӏана, жиндаги гьикъичӏого, лъабабилев вас, Мухӏамад, СВОялде ин. Микьго лъимадул эмен, ункъо васги армиялда вукӏаго, мунги щай гьениве уневан гьикъидал, гьес кьуна гьадинаб жаваб: «Валагьила дица гьев ва, малъараб гьабичӏолъиялъухъ, лъикӏаб хӏалалъ вухила», — ян абураб пикру букӏана гьесул. Амма вас вугеб бакӏалде ккечӏо гьев. Дагьалъ цеве госпиталалдаса рокъове витӏун вуго Руслан. «Гуллил кескалги щун, бох бухӏ-бухӏизабун букӏана гьесул. Гьанже мадар лъугьун буго ва анлъабилеб декабралда рагъулаб хъулухъалде тӏадвуссине вуго», — ян абуна Патӏиматица.\nБищун кӏудияв вас Мурадги Патӏиматги кӏиго соналъ цере рачӏун рукӏана редакциялде. Мурад вуго СВО байбихьилалдего рагъулаб хъулухъалда. Северияб флоталда вукӏарав гьев тӏоцересел къояздасаго вуго Украинаялдаги. Чанцӏулго лъукъана гьев ва мустахӏикълъана «Орден Мужества», «За отвагу» ва цогидал шапакъатазе. Гьанже гьес хъулухъ гьабулеб буго Нижний Новгородалда бугеб рагъулаб часталда ва дагьалъ цебе гьесие кьуна кӏудияв лейтенантасул цӏарги. «Гьанже вугеб бакӏцин бицунаро Мурадица. Рохьов вуго. Донецкалда вугилан ккола дидаго. Гьев вуго взводалъул командир. Блиндажалдаса къватӏиве вахъунаро. Хӏурматалъул грамотаги щвана гьесие дагьалъ цебе», — ян бицана эбелалъ.\nМухӏамад вуго Херсон областалда. Рагъулъ лъукъарав гьев гьабсагӏаталда вуго Геническ шагьаралъул госпиталалда. «20 къоялъ цебесеб кьерда рукӏун руго гьел. Кутакалда хӏалакълъун вуго. Сурат бачӏараб мехалда инсуда лъазецин лъачӏо. Документалги телефонги бухӏун бугоан гьесул ва госпиталалда вукӏаго, гьесда аскӏов ккун вуго Мурадил гьалмагъ. Гьеб заманалда нижеца валагьулев вукӏана Мухӏамад, цевегоялдаса гьевгун бухьен тӏагӏанинги абун. Мурад вукӏана Москваялъул госпиталалда (Белгородалда авариялдеги ккун, захӏматаб хӏалалда вукӏана гьевги). Дов гьалмагъас Мухӏамадил сурат битӏун буго Мурадихъе ва гьес нижехъе бачӏана. Гьедин лъана Мухӏамад лъукъун вукӏин. Аслияб жо – чӏаго ватана!», — ян бицана П. Мухӏамадовалъ.\nСВОялде витӏун вукӏана лъабабилев вас Рамазанги. РФялъул Рагъулаб къуваталъулгун гьабураб контракталда рекъон, гьес хъулухъ гьабулеб буго Архангельск областалъул цо чӏинкӏиллъиялда. Исана январалда гьевги витӏун вукӏана СВОялде. Анлъго моцӏалъ гьенивги вукӏун, гьанже добго чӏинкӏиллъиялда хъулухъ гьабулев вуго.\nРосуцояз Патӏиматида гӏемер гьикъула, кьижун макьугӏаги кин щолеб дудаян. «Щибха гьабилеб? Чанги рорчӏана макьу гьечӏел сардал, чанги чвахана бадиса бухӏараб магӏуги. Шукру Аллагьасе, чӏаго руго дир лъимал. Кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна дица телефоналдасан бухьен кквезе рес букӏин. Щибаб къоялъги къасиги васаз хъвала дихъе, рес рекъани, ахӏула. Гьел кӏалъачӏони, дицаго ахӏула. Гьебги буго ракӏалъе парахалъи кьолеб хӏужа», — ян жаваб кьуна Патӏиматица.\nКомандирзабазул улбул\nМаллаева Мудрикатил вас Сагӏадула Шайхов ккола Командиразул тӏадегӏанаб рагъулаб училище лъугӏарав гӏолохъанав офицер, лейтенант. «Ункъо соналъ цӏализе кколаан гьев. Лъабгогун бащдаб сон индал, цӏалиги хехго лъугӏизабун, Сагӏадула витӏана Бурятиялде. Гьенисан кӏалъана СВОялде ине вугилан абун. Гьениве унаго, Ростовалдаса, лъабго къоялъул изнуги босун, Кӏалбиччанкъоялде рокъовеги вачӏун вукӏана. Байрамалдаса хадув ана жиндирго къокъагун СВОялде.\nДагьалъ цеве отпускалъ рокъове вачӏун вукӏана. Танкистазул ротаялъул командир вуго гьев. Гьединлъидал отпускги къокъаб букӏуна. Кӏиго анкь инегӏанцин течӏо, хадур кӏалъан рачӏана тӏадвуссаян абун. Сагӏадулагьие щвана Суворовасул орденги», – ян бицана Мудрикатица.\nГьелъул кӏиабилев васги вуго МЧСалъул училищеялъул лъабабилеб курсалда цӏалулев. «Кӏудияв вацас тушбаби чӏвала, дица гӏадамал хвасар гьаризе руго», — ян махсара гьабулев вукӏуна гьев.\nАминат Сулеймановалъул васги ккола рагъулаб академиялъул выпускник. «Мухӏамадгӏалица рагъулаб хъулухъ гьабулеб буго Северияб флоталда. Гъоркьиса апрелалъул ахиралда гьев кӏалъана, жалги Украинаялде ритӏулел ругин. Гьел рачана Дагъистаналде, Каспиялъул флотилиялъул базаялда тӏоритӏана рагъуе хӏадуриялъул тадбирал ва маялъул ахиралда ритӏана СВОялде. Мухӏамадгӏали витӏана гьезул командирлъун. Цин рукӏана Белгородалда, гьениса ритӏана Донецкалдехун. Лъагӏелалъ рукӏана гьел рагъулал ишазулъ гӏахьаллъулел. Гьениса тӏадвуссиндал, васасе кьуна Жуковасул медальги», – ян бицана Аминатица.\nРагъулаб хъулухъалъухъ пачалихъиял шапакъатазе мустахӏикълъарай, жамагӏаталда гьоркьоб къадру тӏадегӏанай Рагъухъанасул эбел… Сардил макьуги рекӏел рахӏатги биларай, амма Аллагьас бихьизе кьураб хӏехьезе сабруги таваккалги бугей… Аллагьас бергьенлъигун, чӏаго-гӏатӏго тӏадруссинареги нилъер васал…\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "bezhtiasa-komandir", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bezhtiasa-komandir", "title": "Бежтӏаса командир", "date": "2025-12-08 14:14:44", "categories": ["obshestvo", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Гӏумруялъго росдал школалда хӏалтӏарал Бежтӏаса Шайхов Сагӏадулагьицаги Халатова Райгьанатицаги, лъикӏаб лъайгун тарбияги кьун, гӏезаруна жидер васал Мухӏамад, Арсен ва Махӏач. Лъабавго васас лъугӏизабуна тӏадегӏанаб цӏалул идара ва хӏалтӏулел руго лъикӏал бакӏазда. Мухӏамадил вас Сагӏадула гьабсагӏаталда гӏахьаллъулев вуго Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда.\n2020 соналда Сагӏадулагьица лъугӏизабуна Россиялъул Бахӏарчи Гӏабдухаликъ Къурбановасул цӏаралда бугеб Бежтӏа росдал гьоркьохъеб школа. Гьебго соналда гьев ана рагъулал командирал куцалеб Новосибирскиялъул училищеялда цӏализе. Лъабго соналдаса тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, гвардиялъул лейтенант С. Шайховас рагъулаб хъулухъ гьабуна Улан-Удэялда, танкистазул бригадаялда.\n2025 соналъул марталда гьев витӏула СВОялде. Донецкалда бугеб танкистазул ротаялъул командирлъун тӏамула гьев, къокъабго заманалда С. Шайхов мустахӏикълъана Суворовасул медалалъе. Телеграмалда бугеб «Танковая бригада» абураб къокъаялъул гьумералда гьадин хъван буго шапакъат кьеялъул хӏакъалъулъ: «Танказул бригадаялъул гвардиялъул лейтенант Сагӏадулагьица загьир гьабуна махщелчилъи ва бахӏарчилъи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб къокъаялъ ккуна Веселое абураб бакӏалда эркен гьабураб бакӏ. Солдатазул хӏаракаталъ къинабуна гьеб бакӏ нахъе бахъиялъул мурадалда тушманасул мотострелоказ гьабураб гьужум. Гьединго гьез кьвагьизабуна тушманасул лъабго FPV-дронги.\nРагъулаб борч тӏубазабулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъги таваккалалъухъги гвардиялъул лейтенант С. Шайхов мустахӏикълъана «Суворовасул медаль» абураб пачалихъияб шапакъаталъе», — ян.\nГьабсагӏатги Сагӏадула вуго рагъул цебесеб кьерда."}
{"slug": "vich-sah-gabize-kiolareb-unti", "url": "https://hakikat.info/?nationals=vich-sah-gabize-kiolareb-unti", "title": "ВИЧ — сах гьабизе кӏолареб унти", "date": "2025-12-08 14:19:29", "categories": ["gara", "med", "obshestvo"], "text": "Ахираб заманалда Дагъистаналда ВИЧалъ унтаразул къадар тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго. Гьелъие бугеб гӏилла лъазабизелъун нижеца гара-чӏвари гьабуна «Республикаялъул СПИД-централъул» сах гьариялъулгун ВИЧ унти чӏезабиялъул отделениялъул нухмалъулей Зумруд Гӏабдулмутӏалибовалъулгун.\n— Зумруд, ВИЧ тӏибитӏиялъул рахъалъ Дагъистаналда жакъа кинаб хӏал бугеб?\n— Тӏоцебе Дагъистаналда ВИЧ загьирлъараб 1989 соналдаса нахъе исана октябралде щвезегӏан гьеб унти бахун буго 6504 чиясде. Жакъа диспансерияб сияхӏалда вуго 3291 ВИЧалъ унтарав. Щибаб соналда республикаялда тӏатинавуна 300-ялдаса цӏикӏкӏун ВИЧ бугев. Гъоркьиса, гьабго заманалде дандеккуни, гьеб къадар 39 чияс дагьлъун буго. ВИЧалъ унтаразул 65 процент ккола бихьинал, руччаби — 33 процент, 1,8 процент — ВИЧалъ унтарал улбуз гьарурал лъимал.\nЦӏикӏкӏарасеб къадар бихьиназул букӏиналъе гӏилла ккола гьез зиначилъи гьабулеб букӏин ва наркотикал хӏалтӏизарулел рукӏин. Гӏемерисеб мехалда руччабазде ВИЧ бахуна россабаздаса. Ахираб заманалда 50-60 соналдаса тӏаде арал ВИЧалъ унтиялъулги хӏужаби руго.\n— Кинаб батӏалъи бугеб ВИЧалдаги СПИДалги гьоркьоб?\n— ВИЧ абула инсанасул чорхолъе вирус ккеялда, гьелъ загӏиплъизабула рахунел унтабаздаса черх цӏунулеб иммуналъулаб гӏуцӏи. Тӏубанго иммуналъулаб гӏуцӏи хведал, гьеб сверула СПИДалде. ВИЧ СПИДалде сверула щуго-анкьго соналда жаниб.\n— ВИЧ бахун букӏин кин лъалеб, ай кинал рукӏунел гьелъул гӏаламатал? Гьелда щаклъи ккарас кибе хитӏаб гьабизе кколеб?\n— ВИЧалъул тӏоцересел гӏаламатал ккола: лимфабазул гарцӏал кӏодолъи, цӏа-кан бахин, тӏомоде тӏанкӏал рай, риххел щвей яги гъиз ссвари, гьуърул гьорой, би дагьлъи. Гьел гӏаламатал тӏатунел ругони, хитӏаб гьабизе ккола поликлиникаялде. Гьениса тохтурас унтарав витӏула нижер централде. СПИД-централда буго гьаб заманалъулаб диагностикияб база, рес буго лабораториялда ВИЧалъул киналго цӏех-рехал тӏоритӏизе. Жакъа кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏо гьелъие гӏоло республика тун къватӏире иналъе. Гьеб гуребги, жакъа республикаялда хӏалтӏулеб буго ВИЧ/СПИД-инфекциялъул экспресс-цӏех-рехал гьарулеб 10 лаборатория. Тӏубарал цӏех-рехал гьарула СПИД-централда ва гьаниб лъола ахирисеб диагноз.\n— ВИЧалъ унтун вугин чӏезабидал…\n— Унтарав нижеца восула сияхӏалде ва гьесда хадуб букӏуна халкквей. Къуватал дарабазул кумекалдалъун, гьесул чорхолъ ВИЧалъул вирусал гӏемерлъизе риччаларо. ВИЧ ккола сах гьабизе кӏолареб, амма, халгьабиялда гъоркь ругони, тӏаде цӏикӏкӏине биччачӏого чӏезабизе кӏолеб унти.\n— ВИЧалъ гӏадамал кин унтулел?\n— ВИЧ бахуна лъабго батӏияб куцалда: жинсияб гьоркьоблъиялдасан, уколалдасан, ай биялдасан ва унтарай эбелалъ лъимадуе керен кьеялдалъун. Тӏоцебе Дагъистаналда ВИЧ тӏибитӏизабурал чагӏи ккола наркоманал. Жакъа ВИЧалъ унтаразул гӏемерисел ккола хъахӏбалъиялда хьвадулел гӏолилал, хасго саяхъал наркоманал.\n— ВИЧалъ унтаразе сахал лъимал гьарулищ?\n— Гьарула. ВИЧалъ унтарай лъимаде йигей гӏаданалъ тӏадчӏун дараби гьарулел ругони, ургьиб бугеб лъимаде къанагӏатги ВИЧ бахунаро. Амма эбелалъ лъимадуе керен кьезе бегьуларо. Дараби хӏалтӏизарулел гьечӏони, гьарурал лъималазул 50 ва жеги цӏикӏкӏун процент букӏуна ВИЧалъ унтараб.\nХӏатта рос-лъади ВИЧалъ унтарал ругониги, гьабизе бегьула сахаб лъимер. Амма лъимаде йигей гӏадан йикӏине ккола руччабазул консультациялъулаб халкквеялда гъоркь. Гьелъ рихьизарурал тӏадкъаял тӏуразарулел ругони, хӏинкъи букӏунаро лъимаде ВИЧ бахиналда.\nАхирал соназда цӏикӏкӏунеб буго ВИЧ-унти бугел руччабаз лъимал гьари. Гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола, исламалда дандекколарин абун, ВИЧ бугел цо-цо руччабаз тохтурзабазул рихьизариял тӏуразаризе инкар гьабулеб букӏин.\n— Дагъистаналда гӏемер ругищ ВИЧалъ унтарал лъимал?\n— Жакъа республикаялда буго ВИЧалъ унтараб 67 лъимер, аслияб куцалда, гьел ккола республика тун къватӏиб гӏумру гьабун рукӏарал ва ВИЧги «босун» тӏадруссун рачӏаразул лъимал. Гьезда хадубги централъул букӏуна тӏадчӏараб халкквей.\n— ВИЧ тӏибитӏиялъул рахъалъ кинал районазда бугеб бищунго хӏалуцараб ахӏвал-хӏал?\n— ВИЧалъ бищун цӏикӏкӏун чагӏи унтун руго Дербент, Каспийск, ДагъОгни, Избербаш, Буйнакск ва Махӏачхъала шагьаразда ва гьезда аскӏор ругел поселоказдагун росабалъ.\n— Республикаялда гьеб ахӏвал-хӏал лъикӏлъизе букӏиналде хьул бугищ?\n— Буго. Щибаб соналда нижеца сияхӏалде восула гӏага-шагарго 300 унтарав. Бищунго цӏикӏкӏун чагӏи ВИЧалъ унтарал 2005-2006 соназда, Дербенталдаги гьелда аскӏор ругел росабалъги, цо моцӏида жаниб нижеца тӏатинавуна 15-20 чи. Гьениб ВИЧ тӏибитӏулеб букӏана наркоманаздасан. Республикаялъул Наркоконтролалъги медицинаялъул идарабазги цадахъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда бажарана лъугьун букӏараб хӏал саламатго лъикӏлъизабизе.\nЖакъа Дагъистаналда вуго гӏицӏго СПИДалъ унтарав щуго чи. Гьезда гьоркьоса исана унтарав – кӏиго чи.\n— Социалиял гьиназул кумекалдалъун гӏолилазда гьоркьор рукӏунел тохал бухьеназги ВИЧ тӏибитӏиялъе квербакъулеб батила…\n— Гӏемерал гӏолилал руго хӏалтӏи гьечӏел, западалъул культура берцин бихьулел. Гьеб темаялда бан эбел-инсуца лъималазулгун гьабулеб гьечӏо ракӏрагьараб гара-чӏвари, малъулеб гьечӏо унтиялдаса цӏунизе кколеб къагӏида. Лъималазда кинабго лъалеб буго Интернеталдасан яги къватӏул «гӏакълучагӏаздасан».\n— ВИЧалдаса гӏолилал цӏуниялъул мурадалда централъ кинал тадбирал тӏоритӏулел?\n— Щибаб соналъул тӏоцебесеб декабралда, ай СПИДалда данде къеркьеялъул къоялда бан, республикаялъул шагьараздагун районазда СМИяздасан гьарула ВИЧалъул бицунел лекциял, лъай кьеялъул идарабазда ва хӏалтӏул коллективазда — тохтурзабазулгун дандчӏваял. Телеграм-каналалда руго гьеб масъалаялда тӏасан нижер гӏемерал лекциял ва малъа-хъваял.\nМашинаялда тӏад рекъезабураб лабораториялда ВИЧ-тестал гьаризе тохтурзабазул бригадаби уна гӏемерал гӏадамал ракӏарулел бакӏазде ва росабалъе. Шагьаразул вузазда, школазда ва колледжазда хасалихъеги ихдалги тӏоритӏула ВИЧ-тестал.\n— Арал соназда дандеккун, ВИЧ тӏатинабиялда ва сах гьабиялда батӏияб-цӏияб жо щиб бугеб?\n— ДРялъул хӏукуматалъ тасдикъ гьабураб ведомствабазда гьоркьосеб программаялда рекъон, рагьана «кабинет низкопорогового доступа». Документал гьечӏого, цӏар цӏехечӏого ва иргаялда чӏечӏого, бокьарав чи чӏового ине бегьула гьениве ВИЧалъ унтун вугищали цӏех-рех гьабизе. Гьединабго кабинет буго Дербенталда, Буйнакскиялда ва Махӏачхъалаялда. Цоги цӏияб жо ккола, централда хӏалтӏулел рукӏин психолог, социалияв хӏалтӏухъан ва тохтур-реабилитолог. Масала, рокъоса къватӏиве вахъине кӏоларев ВИЧалъ унтарасе социалияв хӏалтӏухъанас гьабула къваригӏараб кумек ва заманалда гьесухъе щвезарула дараби.\n— Централъул хӏалтӏуе сунца квалквал гьабулеб, гӏолареб жо щиб бугеб?\n— Жакъа нижее камураб жо гьечӏо, дарабазулги къварилъи гьечӏо. Диспансерияб сияхӏалда вугев унтарасе кинабго чӏобого чӏезабун буго. Тӏадежоялъе, гьединазе социалияб кумекги гьабула.\nГӏайиб чӏвазе бегьулеб жо буго цо, ВИЧалъул масъалаялъул рахъалъ нилъер гӏадамазул гьечӏеб культура ва социалияб жагьиллъи.\n— Гӏолилазда щиб абилеб, кинаб хитӏаб гьабилеб?\n— ВИЧалдаса цӏуниялъе квербакъула сахаб гӏумру гьабиялъ, мехтулел жалаздасагун наркотиказдаса цӏуниялъ ва яхӏ-намусалда хьвадиялъ. «Спи один» абураб махсараялъул буго кӏудияб магӏна.\nЛъикӏаб букӏинаан, лъудби рачиналде цебе, киналго бихьинал ВИЧалъул цӏех-рех гьабизе тӏамулеб закон бахъани.\nНури Нуриев"}
{"slug": "kismatal-vacharab-nuh-kosun-kkechiev", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kismatal-vacharab-nuh-kosun-kkechiev", "title": "Къисматалъ вачараб нух къосун ккечӏев", "date": "2025-12-09 15:50:29", "categories": ["insan"], "text": "Дагьалъ цебе Россиялда кӏодо гьабуна Машинаби гьарулезул къо. Гьелъул хӏурматалда байрамалъул тадбир тӏобитӏана Южносухокумск шагьаралда бугеб «Южносухокумский электромеханический завод» («ЮСЭМЗ») абураб АОялдаги.\nГьеб завод ккола Совет Союз биххун хадубги хӏалтӏулеб ва улкаялъул батӏи-батӏиял шагьаразда ругел заводазулгун бухьенги тӏезе течӏеб предприятие. Завод цӏуниялъе квербакъана гьелъул учредительлъун бугеб «Концерн КЭМЗ» абураб ОАОялъулги «ЮСЭМЗ» абураб АОялъул генералияв директор Залбег Жалиловасулги жигараб хӏаракатчилъиялъ.\nБайрамкъоялъ заводалде рачӏана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов, ДРялъул энергетикаялъулгун тарифазул министрасул заместитель Ражаб Набиев, «Росснефть-Дагънефть» ПАОялъул генералияв директор Муслим Гьиндиев, ДРялъул Промышленносталъулгун дармил министерствоялъул управлениялъул начальник Гӏазизхан Гӏазизханов ва цогидал гьалбал. Гьезда заводалъул цехалги рихьизарун, хадуб букӏана 107,5 кВталъул къуват бугеб гьорол кӏиабилеб энергоустановка рагьиялъул тадбир. Гьелъул багӏараб чалу къотӏана Н. Халиловасги, Ражаб Набиевасги ва Залбег Жалиловасги. Гьебго тадбиралда Н. Халиловас заводалъул хӏалтӏухъабазда байрам баркана ва хӏалтӏул церехъабазе шапакъаталгун грамотабиги кьуна. Баркана байрам Р. Набиевасги, Южносухокумск шагьаралъул бетӏер Саидахӏмад Маммадовасги, М. Гьиндиевасги.\nБайрамалда церерахъана Дагъистаналъул машгьурал кочӏохъабиги. Тадбиралъул гӏахьалчагӏи рохизаруна «Кочӏолаб Чӏарада» абураб Пачалихъияб Халкъияб хоралъул солист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасги, рехсараб хоралъул хормейстер, халкъазда гьоркьоселги тӏолгороссиялъулги фестивалазул лауреат Мадина Шагьмурадовалъги, Южносухокумск шагьаралъул маданияб централъул солистал Зинфира Рагьимовалъги, Тӏагьир Мустапаевасги ахӏарал кучӏдуз. Бокьана гьезие Лъималазул искусствоялъул школалъул «Юность» абураб ансамблялъул «Халкъазул гьудуллъи» абураб кьурдиги.\nБокьун буго Залбег Жалиловасул къисматалъул хӏакъалъулъ бицине.\nЗалбег Жалилов гьавуна 1953 соналъул 15 маялда Чӏарада районалъул Гьунухъ росулъ лъимал гӏемераб Гӏабдулкаирил хъизамалда. Гьесул эмен вукӏана росдал къадруяв учительлъун.\nГьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, Гӏабдулкаирил микьалго лъималазул щивас тӏаса бищана ракӏалъе бокьараб пиша. Залбегие бокьун букӏана Ленинградалъул гуми ралеб институталъул филиалалда цӏализе ине, амма икъбал ккечӏо. Амма Залбегида ракӏалдего ккечӏо росулъе тӏадвуссине – гьев ана «Дагъдизель» заводалда хӏалтӏизе. Гьенисан ана армиялдеги ва хъулухъ гьабуна Венгриялда, танказул часталда.\nАрмиялдаса тӏадвуссиндал, Залбег Жалилов цӏализе лъугьана Дагъистаналъул политехникияб институталде. Аваданав, гӏелцоязда гьоркьов ракӏгъурав гӏолилав цӏалулъ вукӏана церехъабазул кьерда. Ункъабго соналъ гьес нухмалъи гьабуна студентазул стройотрядазе ва мустахӏикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.\nКЭМЗалъул хӏалтӏухъан — ЮСЭМЗалъул директор\n1978 соналда цӏалун вахъана Залбег Жалилов ва байбихьана Гъизляралъул электромеханикияб заводалда хӏалтӏизе.\n1983 соналъул 10 январь. Гьеб букӏана цӏорораб хасалил къо. КЭМЗалъул директорлъун вукӏарав Гӏабдуразакъ Мирзабековасда цадахъ З. Жалилов тӏоцебесеб нухалда щвана Южно-Сухокумск поселокалде. Гьев тӏамуна КЭМЗалъул филиаллъун кколеб 57-абилеб цехалъул начальниклъун. Гьеб къо даим ракӏалда хутӏана Залбегида. Цин цехалъул начальник, хадуб — гьитӏинабго электромеханикияб заводалъул нухмалъулев ва ахиралда — транспортияб авиациялъеги халкъалъеги хӏажатаб къайи хӏадурулеб «ЮСЭМЗ» ОАОялъул генералияв директор. Гъоркьиса кӏодо гьабуна рехсараб заводалъул 50-сонилаб юбилей. Гьенив Залбег хӏалтӏулев вуго 42 соналъ. Къисматалъ жиндие гьабураб сайгъатлъун рикӏкӏуна гьес «Концерн КЭМЗ» АОялъул генералияв директор, жинца кӏудияв вацлъун тарав Ибрагьим Ахӏматӏовасулгун лъай-хъвай ккей.\nГьесул гӏакълабаздасаги жиндирго бажариялдасаги пайдаги босун, З. Жалиловас цӏиял бергьенлъабазде бачунеб буго завод. Дагьалъ цебеги конкурсалъулаб комиссиялъ тӏадегӏанаб къимат кьуна Южносухокумскалъул электромеханиказул «Техническое перевооружение и модернизация существующего производства за счет внедрения современного оборудования» абураб проекталъе. Гьелда рекъон заводалда лъезе буго цӏияб къайи-алат, камиллъизе буго гьениб хӏадурулеб къайи, рукӏине руго цогидал гӏадамазеги хӏалтӏизе бакӏал. Гьелде тӏадеги, ДРялъул Промышленносталъулгун дармил министерствоялъулгун къотӏи гьабун буго Южносухокумскалъул заводалъе пачалихъияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ.\nГьабсагӏаталда завод буго берцинаб бакӏалда. Гьелъул цехазда жаниб цӏунун буго рацӏцӏалъи. Заводалда гӏуцӏун руго хӏалтӏухъабазе санагӏатал шартӏал. Гьелъул буго тӏагӏамал кванил нигӏматал хӏадурулеб богорукъ. Гьениб квен гьабула бакӏалдаго гӏезарурал, экологияб рахъалъ рацӏцӏадал овощазул. Заводалъул хӏалтӏухъабаз къадекванихъ харж гьабураб гӏарцул бащдаб бецӏулеб буго предприятиялъ.\nТӏаса бищараб пишаялъул гъварилъуде ваккарав махщелчи гуревги, Залбег Жалилов вуго магӏишат гӏуцӏизе бажари бугев инсанги. Гьев гӏемер вукӏуна хӏалтӏул сапаразда, амма гьесда лъала: щивав хӏалтӏухъан вуго жиндир бакӏалда ва щивасе щола мустахӏикъаб харжги. Хӏалтӏухъабазе вокьула гьев – гӏаданлъиялъухъ, гӏакъиллъиялъухъ ва жидер гьабулеб даимаб тӏалабалъухъ. Гьединал нухмалъулел жакъа къанагӏат гурони ратуларин абула гьез. Масала, культураялъул хӏалтӏухъан Расул Рурахӏмаевас гьадинаб пикру загьир гьабуна директорасул хӏакъалъулъ: «СССР биххарал соназда гьесухъа бажарана завод цӏунун. Чанги хӏакимчи вукӏана гьелде ишан босарав, бутӏаби гьарун, заводги гьелъул ракьги бичизе хиял лъурав. Доб заманалда Залбегица гьезде данде рагъ баялъул хӏасил бихьулеб буго жакъа нилъеда», — ян.\nХалкъалъеги республикаялъеги пайдаяб хӏаракаталъухъ Залбег Жалилов мустахӏикълъана гӏемерал Хӏурматалъул грамотабазеги Баркалаялъул кагътазеги. Къадру-къимат гьабула гьесул шагьаралъул жамагӏаталъги. Гьев кидаго хӏадурав вуго хӏажаталъубе кумек гьабизе. Гьединаб кумек гӏемер щола спортсменазеги, пагьмуял ракьцоязеги ва СВОялъул гӏахьалчагӏазеги.\nЗ. Жалилов вуго лъабго васасул эменги гьезул лъималазе хирияв кӏудадаги. Гьев кидаго уна вижараб ватӏаналда Кӏалбиччанкъо кӏодо гьабизеги, умумузул хабаде зияраталъеги, гӏагарлъиялде щвезеги.\nМахӏачхъалаялде тӏадруссунаго, дун йикӏана Залбегида цадахъ, гьесул васасул машинаялда. Хабар-кӏалалда рукӏана ниж. Гьениб дие рагьана З. Жалиловасул цоги рахъ: гьесда кутакалда лъикӏ лъалеб бугоан Дагъистаналъул адабият. Ракӏалде ккана: гьабсагӏат школалда адабияталъул дарс кьезе бегьилаанин гьес. Цӏакъ бокьулеб бугоан музыкаги, хасго «Кӏочолаб Чӏарадаялъ» ахӏулел кучӏдул.\nБикеханум Гӏалибекова"}
{"slug": "tibetalda-giural-giurade-shhvaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tibetalda-giural-giurade-shhvaral", "title": "Тибеталда гӏурал, Гӏураде щварал", "date": "2025-12-12 14:24:14", "categories": ["magiarukh", "rosdal-magiishat"], "text": "Чӏегӏербоцӏул нилъее хасиятал, нилъ ругьунал тайпаби ккола гӏачи-оцал ва гӏодоблъиялда — ганщал. Гӏага-шагарго гьебго тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула нилъеда гӏемер лъикӏ лъаларел якалги. Амма гьел руго нилъер республикаялъул мугӏрузда рукӏине рекъарал, хьихьизе санагӏатал хӏайванал. Гьелъул (Кашемиралъул, Тибеталъул, Монголиялъул оцинги абула гьелда) тарихияб ватӏан ккола Тибет. Гьабсагӏаталда дунялалда тӏад буго яказул 17 млн бетӏер. Гьезул аслияб къадар (95 процент) буго Китаялда. Россиялда буго 20 азаргогӏанасеб бетӏер, аслияб куцалда — Тываялда, Бурятиялда ва Алтаялда. 1970-абилел соназда Северияб Кавказалъул республикабазде (Кабардино-Балкария, Карачаево-Черкесия, Чечено-Ингушетия) гьел рачӏун рукӏана Алтаялдаса. Гьедин гьел щвана Дагъистаналдеги. Жакъа нилъер гьаниб буго гьезул чанго нусго бетӏер, аслияб куцалда — Юждагъалда, Сулейман-Стальск районалда, цо бутӏа Чӏарада, Шамил, Лъаратӏа районазул мугӏрузда.\nЯкал руго борхалъиялде (2500-3000 метр) ругьунал хӏайванал. Гьединаллъун рукӏиналъе гьезул ракӏ ва гьуърул руго гӏачи-оцазулалдаса гӏемерго кӏудиял, гьезул бидулъ буго цӏикӏкӏараб къадар гемоглобиналъул, цӏакъго дагь руго гӏетӏ базабулел гӏаламатал. Гьез хӏехьола цӏорой, пулеб гьорол къварилъи букӏунаро, гьезие бокьуларо хинлъи, цӏакъго захӏмалъула хинлъиялъул 15 градусалдаса тӏаде араб бакӏалда гӏумру гьабизе. Гьезие хӏажалъуларо хасаб тӏалаб, кванала жидерго цӏайиялъул цо проценталда бащалъулеб бакӏлъи бугебгӏанасеб чӏахӏ-хер (мисалалъе, гӏачияз кванала 3 процент). Гьезда махӏ чӏвала цӏакъ лъикӏ, квеш рагӏула ва бихьула. Цохӏо цӏам бани гурони, кьезе кколаро кӏалцӏи, къваригӏунаро хасал бокьал. Гьезул гьан буго инсанасул черхалъ бигьаго къабул гьабулеб, къиматаб (гӏемер лъангутӏиялъ нилъер гьаниб багьа гьединаб гьечӏониги), пайдаяб. Рахь дагь гурони бечӏчӏуларо, лъагӏалие 600-700 литр (сордо-къоялъ 6-7 литр). Амма гьеб буго беэнлъи гӏемераб (3,5-7 процент, букӏине бегьула анцӏгоги).\nГьаб киналдаго тӏаде «Гӏурада» СПКялъул нухмалъулев Гӏали Асиятиловас кьуна гьадинаб баян:\n— Дагьал якал нижецаги росун рукӏана хӏалбихьи гьабиялъул мурадалда. Гьел руго цӏакъ тириял, цӏцӏани гӏадин ххарулел, лъелго ун гурони чода рекӏун берцинго рахинецин кӏоларел мугӏрул рагӏаллъабазда рукӏунел хӏайванал. Нижеца гьезул тӏалаб гьабизе кколаро (гӏицӏго бала цӏам), тӏубараб лъагӏелалъ рукӏуна жалго жидецаго хьихьун. Гьеб буго къуватаб, ццин бахъани, цебе бихьун жо толареб хӏайван, бацӏ-хъумур гьелда аскӏобе къаларо, сунцаниги гьелда кӏал чӏваларо, чӏвазе жубараб гьелъ бихъ-бихъун бала. Гьелъул гьан буго гӏезегӏан тамахаб, чуязулги гӏачи-оцазулги жубараб гӏадинаб тӏагӏамалъул. Нижеца гьел бокьахъе гъоларелъул, рахь бечӏчӏуларо. Квас буго цӏакъ керчаб, амма гьебги нижеца къунцӏуларо, риидал гьел жалго хӏулула. Къехь-тӏомалъулги, цоги боцӏулго гӏадин, тӏалаб гьечӏелъул, гьебги хутӏула гӏадада. Жалго жидедаго рукӏунелъул, унтабиги гьезда гӏемер хъинтӏуларо.\nЛъаларо, абадиялъго гӏи-цӏцӏани, гӏачи-бачал хьихьун ругьунал магӏарулал журазе ругищ якал хьихьизе яги гьечӏищали. Амма мухӏканго лъала цо жо — кколаро гьелъул пайда, лъугьунаро гьеб ишин абизе кинго бегьуларо. Гӏемераб цогидалъего гӏадин, гьелъиеги жаваб заманалъ кьела.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "bakvarab-gangi-cziurab-bakgi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bakvarab-gangi-cziurab-bakgi", "title": "Бакъвараб гьанги цӏураб бакьги", "date": "2025-12-12 14:38:50", "categories": ["magiarukh"], "text": "Кьиндалиде магӏарулал хӏадурлъулеб куц\nХасалихълъиялъ къо-лъикӏ гьабун бахъанин абизе бегьула. Кьиндалил цӏорораб квач тӏибитӏун буго мугӏрузде. Хасел тӏаде гӏунтӏулеб букӏин бицунеб буго тӏабигӏаталъ… Гьединаб гӏужалъ байбихьула магӏарухъ хъвехъари гьабизе. Гьелъул хӏакъалъулъ дагьабго бицине ракӏалде ккана.\nРакӏ гӏорцӏун бугони,\nберги гӏорцӏула\nИсана хъвехъари дагьаб кватӏанин абизе бегьила. Цогидаб бакӏалда лъаларо, декабрь щвечӏого гьеб байбихьичӏо, мисалалъе, Гьонода.\nНужедаго цебечӏечӏищ, гьабсагӏат азбар бакьулъ хъураб ригьгӏанасеб оцги, хасалоде бакъвазабизе гьанал чӏалал гьарулел цоял, буссине гьан батӏа гьабулел цогидал. Бежа-белъун, цӏигьанал тӏагӏам гъасда хӏадурулел руччаби. Аваданлъиги ракӏгъейги.\nБакъвараб гьанги цӏураб бакьги… Гьеб кӏиябго нигӏмат камураб мина-рукъ цебечӏезабизе захӏмат буго жакъа. Анкьумумуздаса байбихьун, цебеса цебе кьун, нилъехъе щвараб, жакъаги хвезе течӏого цӏунараб гӏадатги гӏамалги. Щивасул ратила гьелда хурхун жиндирго ракӏалдещвеял.\nМоцӏица, цӏакъго рес бугез кӏиго моцӏица цебеккунго толаан хасалоде хъвезе бугеб хӏайван жаниб. Гьелъие чури-лъим рекъезабулел, чед-хинкӏ данде гьабулел рукӏунаан.\nДагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул «Мугӏрул сухъмахъал» абураб тӏохьода буго гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб цо гьадинаб кесек.\n«Доб букӏана 1931 соналъул кватӏараб хасалихълъи. Гӏемерисел гӏадамазул царгъал чӏорого рукӏана. Хуриса бахъараб хӏалухъен къадарабго гурони букӏинчӏо. Хасел киндайин нухда тӏамилаян ургъалида рукӏана гӏемерисел гӏадамал.\nХӏасаниласул бугизего бугеб рохел букӏана, риидалго жаниб тараб, дунял цӏорозе байбихьарабго хъвезе ракӏалда бугеб куй. Бокьоб жанибги гьунарого бугин кколедухъ кьаралъун бугеб гьелъухъ валагьун бер гӏорцӏуларого хутӏулаан гьев. Жиндаго кваназе кӏвечӏого гьелъие кьезеян нахъе лъун толаан чанги хинкӏ. «ИншаАллагь, гьаб куйдуца хьихьила исана дир хъизан. Цохӏо гьалъул рачӏчӏалда, хӏакъаб жо, анкьго килограмм мохмохил бахъила. Тӏерен гьабун буссун, цадахъ картошка бежулеб куцги цебечӏезабун, бералги къанщун чӏолаан гьев. Бер гӏорцӏун бугони, ракӏги гӏорцӏула чиясул. Гьединал пикраби-хиялаз вохизавун, разиго унаан гьев годекӏаниве».\nГьедин цебечӏезабулеб буго Муса Мухӏамадовас араб гӏасруялъул ракъарал соназ магӏарухъ букӏараб гӏумруялъул цо бутӏа, гӏадатияв магӏаруласул хьулазул бечелъи. Хӏакъикъаталдаги хасалиде хъураб хӏайваналъ, их тӏаде щвезегӏан, бащдаб бог тӏаса рехула. Чӏалда дализарун ругел бакъвараб гьанал чӏалаздаса ва цӏурал бакьаздаса бугеб рохелги, гьездаса чӏвалеб берцинаб махӏги сундухъниги кьолеб жо гуро.\nЭбел-инсудаса балъго рокъоса босизе щвараб бакьил кесекги босун, хъещтӏеротӏе унел рукӏарал лъимерлъиялъул сонал лъида щоларел ракӏалде? Цӏадуде тӏадеги ккун бежараб гьеб бакьидаса букӏунеб букӏараб татуги, гьелъул тӏагӏамги…\nЦебеги гьанжеги\nТӏадехун абухъе, хъвехъариялде байбихьун буго магӏарухъ. Жанир тарал бугъбузул, бусбузул багьа цӏехолел, даран гьабулел рагӏула гӏадамал росулъе щведал.\nХӏайваналъул гьанал багьа буго 500 гъурщидаса бахъараб, 550-580 гъурщиде щвезегӏан. Хӏатта цо-цо бакӏазда 600 гъурщиде бугинги рагӏана. Шагьаралдаги буго гьебго багьа. Махӏачхъалаялъул кӏиабилеб базаралда хӏайваналъул — 460, гӏиял гьанал — 500 гъурущ.\nГӏемерал соназ гьеб ишалда гъорлъ вугев боцӏухъан, Гъуниб районалдаса Асадгӏалица гьадин бицана хъвехъариялъул хӏакъалъулъ.\n— Ахираб 10-15 соналда жаниб цӏакъ гӏемераб чӏегӏерхӏайван хъуна дица. Къойида жаниб щуго жо хъурабги къо букӏана дир къайиялда. Гьедигӏанги гъира букӏунаан гьанада квалквадизе. Гьанже цебе гӏадаб гъира гьечӏо, заман арабгӏан бокьулеб букӏараб жоялдехун гъира ссунеб буго.\nХасалиде гьабулеб хъвехъариялъул бицани, цебе дун гьитӏинаб мехалъ, гьанже гӏадин жаниб тун хӏайван хьихьизе рес букӏинчӏо. Гьод хӏулизегӏан колхозалъеги хӏалтӏун, хадуб гурони дуего рагӏи-хер хӏадуризе рес кколароан. Гьедин къоги бихьун, данде гьабураб херги кьун хьихьулаан боцӏи. Доб мехалъ, гьанже гӏадин, гьарзаго гьезие кьезе комбикорма, тӏахьди ва кӏалцӏи букӏинчӏо. Аслияб къагӏидаялъ ламадур, чӏакӏултӏан, хъапустӏан ва пихъги кьун хьихьулаан хъвезе бугеб хӏайван. Гъутӏбуздаса гъараб тӏамах кьолаан. Гьеб букӏана кутакалда татуяб жо гьезие. Гьедин хьихьулаан цебе боцӏи.\nГьанже кӏвахӏаллъулел руго боцӏи хьихьизе. Кигӏан бокьаниги ресал руго, амма боцӏудаса хайир гьечӏилан багьана бачуна. Дица абила: хайир буго. Нилъеца кьурабго гӏадин кьола гьез нилъееги. Таваккал, ракӏбацӏцӏалъи, гьабулеб ишалдехун божилъи букӏин буго гьениб аслияб жо.\nСоналдаса соналде кӏалцӏи-хералъул багьа цӏикӏкӏунеб буго. Хираго чӏолеб буго гьезие гьабулеб хъулухъ. Амма, цоги нухалъ такрар гьабила, цебе умумузда гӏадин къо бихьуларо жакъа боцӏи хьихьулев чиясда. Гьалулеб бакъукьги балеб цӏадакьги гьезда цеве эхетун вукӏине кколаро. Электропастухалъ боцӏи жаниб кваналеб гӏалахги сверун къан, хабар къотӏун, дурго хъошниве ялъуни мархьи-кулиялдеги ун, хӏухьбахъизе рес буго бакъанидалъагӏан.\nКӏиабизе, боцӏи хъолелъул гьеб ччукӏа-рукӏизе, гьан батӏа гьабизе, бакьал цӏезе руго батӏи-батӏиял ресал ва техника.\nАсадгӏалиго гӏадин, боцӏи хьихьун, бетӏербахъулел гӏадамал дагьал гьечӏо магӏарухъ. Гӏумруго шагьаралда арал, магӏарухъецин щвечӏезги цӏехолеб буго жакъа магӏарухъ бакъвазабураб гьанги цӏураб бакьги.\nТӏарс цӏун релъарал хинкӏалги, гьезда тӏаде къотӏ-къотӏун рехараб цӏураб бакьги, бучӏулъго бакъвазабураб гьанги – гьединал сардал хӏадурун руго нилъее тӏаде щолеб хасалица.\nБоркьараб печрукъги смартфоналги нахъе яризарун, гъасда бицунеб гьуинаб харбиде машгъуллъарал нилъги. Цӏетӏа гьалулеб хьагги… Гьелдаса берцинаб жо цоги букӏинадай?\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "tibetalda-giural-giurade-shhvaral-2", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tibetalda-giural-giurade-shhvaral-2", "title": "Тибеталда гӏурал, Гӏураде щварал", "date": "2025-12-12 14:41:32", "categories": [], "text": "Чӏегӏербоцӏул нилъее хасиятал, нилъ ругьунал тайпаби ккола гӏачи-оцал ва гӏодоблъиялда — ганщал. Гӏага-шагарго гьебго тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула нилъеда гӏемер лъикӏ лъаларел якалги. Амма гьел руго нилъер республикаялъул мугӏрузда рукӏине рекъарал, хьихьизе санагӏатал хӏайванал. Гьелъул (Кашемиралъул, Тибеталъул, Монголиялъул оцинги абула гьелда) тарихияб ватӏан ккола Тибет. Гьабсагӏаталда дунялалда тӏад буго яказул 17 млн бетӏер. Гьезул аслияб къадар (95 процент) буго Китаялда. Россиялда буго 20 азаргогӏанасеб бетӏер, аслияб куцалда — Тываялда, Бурятиялда ва Алтаялда. 1970-абилел соназда Северияб Кавказалъул республикабазде (Кабардино-Балкария, Карачаево-Черкесия, Чечено-Ингушетия) гьел рачӏун рукӏана Алтаялдаса. Гьедин гьел щвана Дагъистаналдеги. Жакъа нилъер гьаниб буго гьезул чанго нусго бетӏер, аслияб куцалда — Юждагъалда, Сулейман-Стальск районалда, цо бутӏа Чӏарада, Шамил, Лъаратӏа районазул мугӏрузда.\nЯкал руго борхалъиялде (2500-3000 метр) ругьунал хӏайванал. Гьединаллъун рукӏиналъе гьезул ракӏ ва гьуърул руго гӏачи-оцазулалдаса гӏемерго кӏудиял, гьезул бидулъ буго цӏикӏкӏараб къадар гемоглобиналъул, цӏакъго дагь руго гӏетӏ базабулел гӏаламатал. Гьез хӏехьола цӏорой, пулеб гьорол къварилъи букӏунаро, гьезие бокьуларо хинлъи, цӏакъго захӏмалъула хинлъиялъул 15 градусалдаса тӏаде араб бакӏалда гӏумру гьабизе. Гьезие хӏажалъуларо хасаб тӏалаб, кванала жидерго цӏайиялъул цо проценталда бащалъулеб бакӏлъи бугебгӏанасеб чӏахӏ-хер (мисалалъе, гӏачияз кванала 3 процент). Гьезда махӏ чӏвала цӏакъ лъикӏ, квеш рагӏула ва бихьула. Цохӏо цӏам бани гурони, кьезе кколаро кӏалцӏи, къваригӏунаро хасал бокьал. Гьезул гьан буго инсанасул черхалъ бигьаго къабул гьабулеб, къиматаб (гӏемер лъангутӏиялъ нилъер гьаниб багьа гьединаб гьечӏониги), пайдаяб. Рахь дагь гурони бечӏчӏуларо, лъагӏалие 600-700 литр (сордо-къоялъ 6-7 литр). Амма гьеб буго беэнлъи гӏемераб (3,5-7 процент, букӏине бегьула анцӏгоги).\nГьаб киналдаго тӏаде «Гӏурада» СПКялъул нухмалъулев Гӏали Асиятиловас кьуна гьадинаб баян:\n— Дагьал якал нижецаги росун рукӏана хӏалбихьи гьабиялъул мурадалда. Гьел руго цӏакъ тириял, цӏцӏани гӏадин ххарулел, лъелго ун гурони чода рекӏун берцинго рахинецин кӏоларел мугӏрул рагӏаллъабазда рукӏунел хӏайванал. Нижеца гьезул тӏалаб гьабизе кколаро (гӏицӏго бала цӏам), тӏубараб лъагӏелалъ рукӏуна жалго жидецаго хьихьун. Гьеб буго къуватаб, ццин бахъани, цебе бихьун жо толареб хӏайван, бацӏ-хъумур гьелда аскӏобе къаларо, сунцаниги гьелда кӏал чӏваларо, чӏвазе жубараб гьелъ бихъ-бихъун бала. Гьелъул гьан буго гӏезегӏан тамахаб, чуязулги гӏачи-оцазулги жубараб гӏадинаб тӏагӏамалъул. Нижеца гьел бокьахъе гъоларелъул, рахь бечӏчӏуларо. Квас буго цӏакъ керчаб, амма гьебги нижеца къунцӏуларо, риидал гьел жалго хӏулула. Къехь-тӏомалъулги, цоги боцӏулго гӏадин, тӏалаб гьечӏелъул, гьебги хутӏула гӏадада. Жалго жидедаго рукӏунелъул, унтабиги гьезда гӏемер хъинтӏуларо.\nЛъаларо, абадиялъго гӏи-цӏцӏани, гӏачи-бачал хьихьун ругьунал магӏарулал журазе ругищ якал хьихьизе яги гьечӏищали. Амма мухӏканго лъала цо жо — кколаро гьелъул пайда, лъугьунаро гьеб ишин абизе кинго бегьуларо. Гӏемераб цогидалъего гӏадин, гьелъиеги жаваб заманалъ кьела.\nГӏабаш Гӏабашилов\nЯкал руго борхалъиялде (2500-3000 метр) ругьунал хӏайванал. Гьединаллъун рукӏиналъе гьезул ракӏ ва гьуърул руго гӏачи-оцазулалдаса гӏемерго кӏудиял, гьезул бидулъ буго цӏикӏкӏараб къадар гемоглобиналъул, цӏакъго дагь руго гӏетӏ базабулел гӏаламатал. Гьез хӏехьола цӏорой, пулеб гьорол къварилъи букӏунаро, гьезие бокьуларо хинлъи, цӏакъго захӏмалъула хинлъиялъул 15 градусалдаса тӏаде араб бакӏалда гӏумру гьабизе. Гьезие хӏажалъуларо хасаб тӏалаб, кванала жидерго цӏайиялъул цо проценталда бащалъулеб бакӏлъи бугебгӏанасеб чӏахӏ-хер (мисалалъе, гӏачияз кванала 3 процент). Гьезда махӏ чӏвала цӏакъ лъикӏ, квеш рагӏула ва бихьула. Цохӏо цӏам бани гурони, кьезе кколаро кӏалцӏи, къваригӏунаро хасал бокьал. Гьезул гьан буго инсанасул черхалъ бигьаго къабул гьабулеб, къиматаб (гӏемер лъангутӏиялъ нилъер гьаниб багьа гьединаб гьечӏониги), пайдаяб. Рахь дагь гурони бечӏчӏуларо, лъагӏалие 600-700 литр (сордо-къоялъ 6-7 литр). Амма гьеб буго беэнлъи гӏемераб (3,5-7 процент, букӏине бегьула анцӏгоги).\nГьаб киналдаго тӏаде «Гӏурада» СПКялъул нухмалъулев Гӏали Асиятиловас кьуна гьадинаб баян:\n— Дагьал якал нижецаги росун рукӏана хӏалбихьи гьабиялъул мурадалда. Гьел руго цӏакъ тириял, цӏцӏани гӏадин ххарулел, лъелго ун гурони чода рекӏун берцинго рахинецин кӏоларел мугӏрул рагӏаллъабазда рукӏунел хӏайванал. Нижеца гьезул тӏалаб гьабизе кколаро (гӏицӏго бала цӏам), тӏубараб лъагӏелалъ рукӏуна жалго жидецаго хьихьун. Гьеб буго къуватаб, ццин бахъани, цебе бихьун жо толареб хӏайван, бацӏ-хъумур гьелда аскӏобе къаларо, сунцаниги гьелда кӏал чӏваларо, чӏвазе жубараб гьелъ бихъ-бихъун бала. Гьелъул гьан буго гӏезегӏан тамахаб, чуязулги гӏачи-оцазулги жубараб гӏадинаб тӏагӏамалъул. Нижеца гьел бокьахъе гъоларелъул, рахь бечӏчӏуларо. Квас буго цӏакъ керчаб, амма гьебги нижеца къунцӏуларо, риидал гьел жалго хӏулула. Къехь-тӏомалъулги, цоги боцӏулго гӏадин, тӏалаб гьечӏелъул, гьебги хутӏула гӏадада. Жалго жидедаго рукӏунелъул, унтабиги гьезда гӏемер хъинтӏуларо.\nЛъаларо, абадиялъго гӏи-цӏцӏани, гӏачи-бачал хьихьун ругьунал магӏарулал журазе ругищ якал хьихьизе яги гьечӏищали. Амма мухӏканго лъала цо жо — кколаро гьелъул пайда, лъугьунаро гьеб ишин абизе кинго бегьуларо. Гӏемераб цогидалъего гӏадин, гьелъиеги жаваб заманалъ кьела.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "giumruyalul-rasenaz-ugarab-kismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giumruyalul-rasenaz-ugarab-kismat", "title": "Гӏумруялъул расеназ угьараб къисмат", "date": "2025-12-12 14:44:48", "categories": [], "text": "Гӏайшат Гъайирбегова ккола Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росдал гьоркьохъеб школалъул учительница. Гьелъ кьола тарихалъул дарсал. Школалда ккарал хиса-басиязулги цӏалдохъабазул эбел-инсул цӏалуде бугеб бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ Гӏайшатилгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.\n— Гӏайшат, кин байбихьараб дур учительлъиялъул нух?\n— Школалда цӏалун яхъингун, дир кӏудияб гъира букӏана тӏадегӏанаб лъай босизе. Амма гьелъие рес щвечӏо – дун росасе кьуна. Гьабуна кӏиго лъимерги, гьел дагьал кӏудиял гӏедал, дун заочно цӏализе лъугьана Россиялъул Лъай кьеялъул академиялъул Махӏачхъалаялда бугеб филиалалде. Тӏаса бищана тарихалъул факультет.\n— Лъималги хьихьун, рокъой чӏаян лъазабичӏищ дуда бетӏергьанчияс, цӏализе инилан мун лъугьиндал? Якьадалъ ихтияр кьунищ цӏализе ине?\n— Дир бетӏергьанчи Камилги вуго тӏадегӏанаб лъай щварав учитель. Гьес лъугӏизабуна ДГПУ. Химиялъулги биологиялъулги дарсал кьола гьес школалда.\nГьелде тӏадеги, дир вуго кутакалда лъикӏав вакьадвас Мухӏамад Гьиматович. Кавказалъул дунявияб институтги гьес рагьун букӏана. Дунгӏан разияб дунялги ахираталъул рукъги кьеги гьесиеян гьарделей йикӏуна дун Аллагьасда. Аскӏой ккараб къоялдаса нахъе жиндирго лъимадул гӏадин тӏалаб гьабуна гьес дир. Жакъаги дие кутакалда кумек гьабула гьес. Хъизамалда бищун кӏудияв вуго гьев.\n— Цоцазе рокьунищ росги мунги данделъун рукӏарал?\n— Рокьи щиб жояли лъазегӏанго хутӏанищ дунали, лъаларо. Рос вукӏана гӏолохъанав учитель. Инсуца абунаха, кьолей йиго мун рукъалдеян. Дун йикӏана эбелалъул цохӏо йигей яс. Инсул букӏана кӏиабилеб хъизан-лъимал. Дир эбелги гьевги ратӏалъунги рукӏинчӏо. Инсухъа бажарана кӏиябго хъизамалъе гӏадлу гьабизе. Инсудаги эбелалдаги гьоркьоб букӏун батила чанги батӏияб иш ккун, ракӏхвеялъул хӏужа, амма нижеда, лъималазда гьеб лъазе течӏо. Жакъа дун гьелдаса йохарайги йиго: дир руго хӏалимал, дие сундулъго кумекалъе ратулел ва кутакалда хириял вацалги яцалги. Гьел рукӏинчӏелани, дун йикӏинаан янгъизай, чиякъай гӏадан.\nХӏалтӏукьа хӏинкъуларев, бокьараб иш бажарулев ва ракӏалда бугеб гӏумруялде бахъинабизе лъалев чи вукӏана дир эмен. Жакъа гьев нижгун гьечӏо, кӏияйго эбел чӏаго йиго. Дида абула, инсуда релълъарай йигин. Ялъаргъуней ятилаха. Амма дихъаги бажарана, чияда бачӏого, дирго хъизам хьихьизе, гӏумру бачине.\n— Школалда хӏалтӏизе байбихьаралдаса 25 сон буго дур. Цебесебги жакъасебги школалда гьоркьоб батӏалъи бугищ?\n— Зобалдаги ракьалдаги гьоркьобгӏан батӏалъи буго! Доб заманалда учителасул хӏаракаталъе лъикӏаб жаваб щолаан цӏалдохъабазухъа. Гьез дарсалги лъазарулаан, жамгӏиял ишазулъги гӏахьаллъулаан. Учителасулги заман букӏана лъималгун хӏалтӏизе, бокьулеб пишаялдаса рекӏее рохалил асар щвезе. Учителасул хӏалтӏи жамгӏияталъе къваригӏараб заман букӏана доб. Жакъасев учитель дида вихьула, доб маргьадулъ бицен гьабулеб горалда жанисан бекерахъдулеб гвангваялда релълъун. Гьаб гьабе, доб гьабе, доб цояб рагӏалде бахъинабе ва кинабгоги – гьале гьабсагӏат, нахъе тӏамичӏого! Гьеб букӏунеб жойищ? Дуца дарсиде кинаб хӏадурлъи гьабурабан гьикъулеб заман гуро гьаб. Доб сайталда суратал лъунищ? Гьаб социалияб гьиналда цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги хъвай-хъвагӏай гьабунищ?.. Гьебищ учителасул хӏалтӏи? Гьеле гьелде буссинабун буго жакъасеб школалъул хӏаракат.\nИнформациязулаб гӏасру лъикӏаб жоги батила, амма гьелдаса нилъер халкъалъе пайда бугищали, дида лъаларо. Хисана гӏумруялдего, инсанасул вукӏа-вахъиналдего жамгӏияталъул бербалагьи. 25 соналда жанир ккарал хиса-басиязда хадуб ракӏ гӏодулеб хӏисаб буго жакъа. Цере рукӏарал гӏелазул хӏаракаталъул хӏасилги «кваналаго», унеб буго жакъасеб халкъалъул гӏумру.\n— Чанги классал цӏалун ратила дуда цере гьеб заманалда. Кӏудияб гӏумруялде гьел тӏоритӏулелъул, кинаб хӏал букӏунеб?\n— Дуда цере анлъгониги соналъ цӏаларал ва щибаб къоялъ рихьулел рукӏарал цӏалдохъабигун ратӏалъи гьеб кутакалда захӏмалъула рекӏее. Гьебги кколелъул дур гӏумруялъул бутӏа. Цересел соназда учителасул хӏалтӏул къимат гьабулаан жамагӏаталъго, гьанже бербалагьи хисун буго. Амма школалъул хӏалтӏиги дирго гӏумруги цадахъаб, ай цогояб ишлъун къабул гьабурай дие цӏакъ захӏмалъула гьеб кӏиябго батӏатӏезабизе.\n— Магӏарул газеталъ кинаб бакӏ кколеб дур гӏумруялъулъ?\n— Дир эбелалъе кутакалда бокьула «Хӏакъикъат». Гьелъ бана 83 сон. Рагъда эменги тӏагӏарай, инсул лъикӏлъиги щвечӏей гӏадан йиго гьей. Газетаги хъвала нижеца.\n— Дуца мунго талихӏайлъун рикӏкӏунищ?\n— Дир талихӏ борцине, дида цее йиго эбел. Гӏемераб захӏмат къулчӏизе ккана гьелъ. Умумузул аби гьечӏищха, эмен рокъов гьобол вугин абулеб. Рукъалъул тӏалаб-агъаз гьабула эбелалъ. Долъ хӏехьарабги, баччизе ккараб захӏматги дида бихьичӏо.\nДир йиго кӏиго яс. Цӏакъ лъикӏав эменги вуго гьезул. Ясал руго тӏадегӏанаб лъай щварал махщелчагӏи. Цоялъ лъугӏизабуна Дагъистаналъул медицинаялъул академия, цогидалъ – Правоялъул академия. Руго гьезулги лъимал. Гьединаб хӏалги букӏаго, талихӏкъарай йигин абуни, Аллагьасул ццим бахъинарищ? Кутакалда талихӏай гӏадан йиго дун!\nГара-чӏвари гьабуна\nКавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "chiuzhu-hvej-czo-balag-chiuzhu-yachine-kkej-kiigo-balag", "url": "https://hakikat.info/?nationals=chiuzhu-hvej-czo-balag-chiuzhu-yachine-kkej-kiigo-balag", "title": "Чӏужу хвей – цо балагь, чӏужу ячине ккей – кӏиго балагь", "date": "2025-12-12 14:51:02", "categories": ["khasal-pikrabi"], "text": "Аллагьас гучаб черхги лъикӏаб сахлъиги кьун, кӏодо гьавурав чи вукӏана Сурхай. «Дир мокъокъ», «Дир месед» абун гурони, гьес хитӏаб гьабулароан лъадуде. 75 сон барав херасе цӏакъ захӏмалъана гьей хвей. «Ана дир месед, къана дир талихӏ, бесдаллъана дун», — абун, гӏодулаан пакъир. Заманалдасан гьев бетӏер сверун гӏадин лъугьана ва лъагӏалидасан хвана.\nЦоцазе рокьун данделъана Исламги Гӏашатги. Талихӏаб хъизам, лъикӏал лъимал. Херлъана рокьул маххал, унтана лъади. Жакъа-метерин йигей лъадуда цеве, накабазда чӏун, гӏодулаго гьедулаан херав: «Мун гьечӏеб дунял дие кӏваричӏо, дица диего гӏажал босула, дун дуда хадув вачӏуна», — ян. Босичӏо Исламица гӏажал, инчӏо гьев лъадуда хадув. Гьей хун лъагӏел балалде, чӏужу ячине бокьун, сверулев вукӏана. Амма щвечӏо гьесие «кьарияй, ччоборай гӏадан».\nЛъади хун мех иналде байбихьана Ибрагьимица къорол руччабазда сверун сентӏезе. «Бичӏчӏичӏо» гьезда херасул мурад, къабуллъичӏо гьесул габуралда къвал базе. Гьезда ццин бахъарас байбихьана гьекъезе. Мехтанщинахъе, иццухъ ругезде ахӏулаан: «Чӏухӏана нуж дие рачӏине. Балагьилаха, Ельцинихъеги ахӏун, къотӏизабила дица нужее пенсия, гьеб мехалъ щвела дие бокьарай», — ян.\nЛъади гьечӏев бихьинчи — чӏобогояб рукъ\nХерлъун вугониги, къороллъуда хутӏарав чиясе бокьула лъади ячине, чӏужу аскӏой йикӏине ва гьелда цадахъ гӏумру тӏамизе. Амма бегьуларо 60-70 сон барав чияс 20-25 сон барай ячине, гӏемерисебго гьединаб ригьиналъул хӏасил пашманаб ккола. Психологаз малъулеб буго, херал-бахӏаразе лъикӏаб бугила жидерго гӏадаб ригьалъул руччабазулгун ригьин гьаби.\nАслияб куцалда херал бихьиназе руччаби уна, гьел хун хадуб, гьезул нахъе хутӏараб буголъи жидеего щвелин абураб хьулалъ. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Лъабкъоялда анцӏилъа арав къоролав Гӏумарие бокьана мадугьалихъ бугеб росулъа Булбул ячине. Гьелъ гьесда чӏванкъотӏун абуна: «Ячӏина дуца дие шагьаралда кӏиго рукъалъул секция босани яги нижер росулъ мина бани», — ян. Рес щиб, херасул васас бана инсул бахӏаралъе мина, гьабуна бертин. Гьелдаса хадуб лъабго соналдасан хвана Гӏумар, Булбулин абуни, яхъана хъалималъе щвараб цӏияб минаялъуе.\nКигӏан цӏакъал лъимал ругониги, жидерго хӏалтӏи-пишаялдаса гьел регӏуларо кидаго херав инсуда аскӏор рукӏине, гьезул лъималазулги букӏуна жидерго гӏумру-магӏишат. Данде кколей гӏаданалъулгун ригьин гьабуни, гьелъ берцин гьабула гьесул янгъизлъи. Гьединаб хӏалалда эмен вугони, хӏалхьиялда кьижизе бегьула лъималги.\nИнсухъ ракӏбухӏун гуро, дунялалъул боцӏи гӏазизлъун\nЦо-цо лъималаз инсуца лъади ячин рикӏкӏуна кӏудияб такъсирлъун, батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, бесдал эбелалда лъазабула зар букъараб рагъ. Гьайгьай, инсухъ ракӏбухӏун гьабулеб дагӏба-рагӏи гуро гьеб букӏунеб, гьеб букӏуна жидеего ирсалъе щвезе кколеб буголъиялъул ками ккеялда хӏинкъун. Гӏажаибаб жо, цӏияй бахӏаралъ лъималазда тӏаса босула инсуда хадур гьаризе кколел хъулухъазул ботӏрол унти. Гьединлъидал, бетӏер къулун, гьелъул адаб-хӏурмат гьабизе кколеб бакӏалда, дунялалъул боцӏи сабаблъун гьей хӏакъир гьаюла.\nГьайгьай, жидерго хӏеренай, хӏалимай эбел ракӏалдаса инчӏел лъималазе захӏмат букӏуна гьелъул бакӏалда дадал бахӏарай къабул гьайизе. Лъималазе захӏмалъи гӏайиб гуро, абула росас цӏияй чӏужу ячараб сордоялъ, хварай чӏужуялъул бетӏер горбодаса батӏалъулилан.\nГьайгьай, лъималазе эбел хвей ккола кӏудияб ками, амма гьелдалъун гӏумру лъугӏуларо. Амма щулияб хъизан лъугьуна гӏицӏго бесдал эбелалда росасул лъимал жиндиралголъун рихьулел ругони ва росас лъадул хӏурмат хвараб жо биччалеб гьечӏони.\nЦо-цо гӏагарал чагӏаз, гьудул-гьалмагъзабаз ва гьесул чӏахӏиял лъималаз какула, ай гьабизего бегьулареб жолъун рикӏкӏуна херас лъади ячин, гьесие гьитӏинабго талихӏ бокьи. Гьезул пикруялда, хварай лъадуда хадув угьдулаго, хвезегӏан херав чӏезе ккола къороллъуда.\nДиналъ беццуларо\nкъороллъуда чӏей\nШаргӏалъ какараб буго къороллъуда чӏей, лъикӏаблъун рикӏкӏуна, лъимал рукӏин-рукӏунгутӏи цӏехечӏого, лъади хведал, чӏужу ячин. Лъимал мукӏурлъизе ккола шаргӏалъ малъулелда. Гӏисинал лъимал ругев къороласда тӏадаб буго лъади ячине, гьесул лъадуде тӏаде ккола росасул лъималазе тарбия кьеялъул масъала. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна, чияр гӏадан ячинчӏого, росасул лъималги рокьулей, гӏумру-магӏишатги лъалей, лъималазе тарбия кьеялъул хӏалбихьиги бугей гӏагарай гӏадан ячин.\nЛъималазе алжан —\nдадал хӏатӏикь\nКъороллъуда вугев инсуда кӏоларо, жиндие лъади ячине бокьун бугин лъималазда рагьун абизе. Гьеб хӏалалда гӏагарал чагӏазда тӏадаб букӏуна, цере рахъун, гьесулгун гьеб суал дандбазе ва, жидедего тӏаде босун, гьесие лъади ячине. Гьеб тадбиралъ квербакъула бесдаллъарал лъималазул ракӏал сахлъиялъе ва эбел гьечӏого чӏобоголъараб бакӏ цӏияй эбелалъ берцин гьабиялъе. Гьелъие нугӏлъун букӏине цо гӏадатияб гуреб лъугьа-бахъиналъул мисал бачина.\nАвариялде ккун хвана Ахӏмадил лъади. Рахъ-рахъалде ун васалгун, янгъизлъиялда хутӏана херав. Я хинаб квен гуро, я гьоркьоблъи-къваригӏаралъе аскӏов чи гуро. Лъабго сон бана херас гьеб пакъирлъиялда. Цо пуланаб къоялъ инсухъе щвезе рачӏана васал. Заманалдасан Расулица абуна: «Хирияв эмен, гьадинаб янгъизлъиялда нижеца мун толаро. Нижеда тӏадаб буго мун хьихьизе. Гьедигӏан херлъунги гьечӏо, гьединлъидал нижеца дуда цебе лъолеб буго лъабго шартӏ. Дуца тӏаса бищаралда ниж рази рукӏина. Тӏоцебесеб иргаялда кӏи-кӏи, лъаб-лъаб моцӏ бан, мун вукӏина васазул хъизамазда гӏумру гьабун ва ракӏ рекъараб бакӏалда даималъго рещтӏина. Кӏиабилеб, дуца нижеда йихьизайила лъадилъун ячине бокьарай гӏадан. Лъабабилеб, дуца нижее изну кьела дуе дандекколей гӏадан ялагьизе. Гьедин мун парахат гьавун гурони, ниж гьаниса унаро», -ян.\nЯчана васаз инсуе лъикӏай гӏадан. Анцӏила кӏиго соналъ, ай гьев хвезегӏан тӏадчӏараб хъулухъ гьабуна гьелъ херасда хадуб. Гьесул васазулги цӏияй эбелалъулги букӏана цӏакъ берцинаб гьоркьоблъи. Сайгъат-саламгун гьел гӏемер щолаан гьелъухъе, толароан гьелъие камураб жо. Цо-цо гьелда къвалги бан, гьез абулаан: «Эбел, нижеде ккезе течӏого, дуца нижер инсуе хъулухъ гьабуна, гьев дудаса цӏакъ рази вукӏана. Гьанже дуе хъулухъ гьабизе ирга щвана нижеде, мун хвезегӏан, нижеца дур адаб гьабила», — ян.\nКигӏан кӏудияб берцинлъиха букӏараб гьеб гӏаданлъи — лъикӏлъиялъул.\n«Дунял буго, дун вуго, дандебусле жо гьео»\nГьаниб борхулеб масъалаялъул буго цо лайикъаб рахъги. Дица бицунеб буго, нахъаса релъулаго гӏадамалгун, 80-85 сон барал цо-цо хараби, хабалъе бох бортарал бихьинал, цӏияй бахӏарай ялагьизе росдал къоролзабахъе ва мадугьалихъ ругел росабалъе хьвадулел рукӏиналъул. «Чӏужу абилалде, цо духъгоги валагье», — ян малъулеб кициялъул хӏисаб гьабе. Гьелъие нугӏлъун букӏине мисалги бачина.\nХвана 82 сонил гӏумруялда вугев Ирбахъалил лъади. Зигараялъ вачӏарав гьоболасда гьес абула, чӏужу хвараб къоялдаса ячараб сордого лъикӏаб букӏанилан. Нух битӏулаго, къан гьесул кверги ккун, абула: «Моцӏидасан дица цӏияй бахӏарай ячине йиго, мун берталъе кватӏуге», — ян.\nГӏемерал къоролруччабазда сверун сентӏана Ирбахъали, амма цонигияй разилъичӏо гьесие ячӏине. Ццин бахъарас къоролзабазе цо «хӏилла» ургъана. Тӏад ретӏана кьер-кьераб ретӏел, цӏвакизаруна хурумалъул чакмаял, ботӏрода лъуна багьаяб бухари-тӏагъур. Гьеб къачӏа-кӏатӏаялда, бачизего лъалареб пандурги хъентӏезабулаго, къойида жаниб кӏиго-лъабго нухалъ сверулаан росу. «Вихьичӏо» гьев къоролзабазда, щвечӏо гьесие лъади. Гьеб мехалъ ургъарал ккола гьесул «Дунял буго, дун вуго, дандебусле жо гьео» абурал рагӏаби.\nРан руго гӏемерал сонал, ахиралде щун буго гӏумру, херлъун, тату хун буго черхалъул. Кинай лъади, кинаб бертин?! «Чӏорого квералги» росун ахираталде ине бегьуларо, гӏумруялъул ахирал къоялгӏаги Аллагьасе гӏибадат гьабиялда тӏамизе ккела.\nНури Нуриев"}
{"slug": "halkiyallun-lugaral-zhabragiilil-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=halkiyallun-lugaral-zhabragiilil-asaral", "title": "Халкъияллъун лъугьарал Жабрагӏилил асарал", "date": "2025-12-12 14:54:25", "categories": [], "text": "Щуабилеб декабралда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана магӏарул машгьурав шагӏир Жабрагӏил Хӏасанов ракӏалде щвезавиялъул тадбир. Гьеб нухда бачана Дагъистаналъул мустахӏикъва артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана шагӏирасул гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ, ракӏалдасан цӏалана гьесул кучӏдул. Гьедиго Жабрагӏилил пагьму-гьунаралъул бицана Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Тубхӏат Зургьаловалъ ва Мухӏамад Хӏамзаевас, Авар театралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, шагӏир ва журналист Мухӏамадрасул Гӏумаровас ва цогидазги. Дандеруссиналъул ахиралда Жабрагӏилил рагӏабазда кучӏдул ахӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Мухӏамад- Тӏамир Синдикъовас.\nГьаниб гъоркьехун кьолеб буго Тубхӏат Зургьаловалъул Жабрагӏил Хӏасановасул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял.\nШамай Хъазанбиева\n«Гьадинаб жойищ гьаб гӏумру букӏараб,\nГӏурччинаб ихилан дир хиял ккараб.\nГӏадамасул гьумер гьимараб мехалъ,\nЦо хӏилла батилин хӏинкъизе ккараб.\n* * *\n«Дуда эбелалъул берал рихьанищ,\nБалагьун гӏорцӏичӏел гӏумруялъго духъ?\nДуда эбелалъул кверал рихьанищ,\nКинабго дуе кьун, ракъван тӏагӏарал?..\n…Эбелилан абун, Аллагьас йижун,\nРакьалде биччараб Бичасул хӏикмат,\nМун вихьараб мехалъ кӏудияй гӏолей,\nДуца тараб мехалъ гьитӏинлъун уней».\n* * *\n«Гьал чӏинчӏалги чӏвачӏел, каралги ххарал,\nКеренги бетӏерги бакъалда лъурал,\nГьал эгъе борхатал ясаца гуро\nЦӏунараб Ахӏулгохӏ имамгун цадахъ.\nГьал бащдал толохӏоч къватӏахъ рихьулел,\nРахьдал мацӏ лъаларел лъималги гуро\nУлбузул хьолбода, хунжрулги рахъун,\nХвезегӏан рагъарал гъазаваталда…»\n* * *\n«Гьаб нилъер векалъул пикру гьабидал,\nБикъулел, хъамулел хъурмал рихьидал,\nДарман къотӏарабго, къо бухӏарабго,\nДица ахӏун тола: далай-далалай…\n…Реццун ругьунлъарал хӏакимзабиги,\nХӏелхӏедун ругьунал гьал гӏадамалги,\nБихьинчилъи гьечӏеб гьаб гӏаламалде\nДица ахӏун тола: далай-далалай…»\nГьал шигӏрабаздаса мухъал руго магӏарулазда рагӏарал, лъалел, лъазего лъачӏого пикрабазулъ рессун ратулел. Гьезул ва гьел гурел гӏемерал цогидазулги автор ккола Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъа мунагьал чураяв Жабрагӏил Хӏасанов.\nЖабрагӏил вукӏана гӏадамалги хирияв гьезиеги хирияв чи. ДГУялъул филологияб факультеталъул отделениялда кӏиабилеб курсалда цӏалулеб заманалда галаби тӏамизе рес кьечӏеб унтуца унтана гьев. Амма гьеб дагьаб заманалдацин мугӏалимзабазулги цадахъ цӏалулезулги ракӏал гӏатӏидги рацӏцӏадги гьаризе хӏикматаб гьунар кьун букӏана Бетӏергьанас гьесие. Гьев лъаларев чи, факультеталда гуребги, университеталдагоги вукӏун ватиларо.\nДарсил цӏумур кьабидал, дун йигеб аудиториялде рагьун нуцӏагун, «Тубхӏат! На выход!» — ин ахӏулаан гьес, мугӏалимасул санцин гьабичӏого. Гьес ахӏидал, цоги нухалъ ахӏизегӏан тани, цо-цояз «Нилъер шагӏирзабиян» махсара гьабилалде, дун жанахӏалде щолаан. Перерывалъул заманалда жиндирго «каранда кьабгӏелеб бугеб» цӏияб кечӏ цӏализе, гьеб бичӏчӏизе кӏолей студентка-магӏарулай, шигӏру хирияй гӏадан доб мехалъ цӏалулезда гъорлъ дун гурей йикӏинчӏолъиялъги батила, гьесухъ гӏенеккун дунги, дихъ гӏенеккун гьевги рихьи гӏадатияб сурат букӏана киназего. Амма, гӏел бащадал ругониги, гьесул кечӏалдаса «нечолаан» дир кечӏ, гьес какиялдаса, экзаменалдаса гӏадин, хӏинкъулаан дир сарин. Сонал анагӏан бичӏчӏана Бакълъухъа Жабрагӏил дие магӏарул кочӏол гӏелму рекӏелъе тӏолев, гьеб жиндирго бидулъ бессарав, сахлъи кьечӏелъухъ Аллагьас хӏикматаб гьунар кьурав, рагӏул бегӏерлъиялъ цогидаздаса батӏияв инсан вукӏин. Гьанже пикру гьабула гӏадада рукӏун гьечӏин Аллагьас нижер гӏелги гӏумруялъул нухги релълъинабурабин абун. Щайгурелъул нижер кӏиязулго пикрабазулъги ракӏазулъги аслияблъун, кечӏ цӏалулеб мехалъ дунял кӏоченабулеблъун, бералги къанщун, квералги хьвагӏун кучӏдул цӏализе ниж тӏамулеблъун, жинда кинабгӏаги асар бащалъулареблъун букӏана ва хутӏана хирияб миллаталдеги, гьелъул тарихалдеги, гьеб тарихалъул аслулъун вугев Тӏадегӏанав Аллагьасдеги рокьи…\n…Цӏаралгун шапакъатал цӏехолел цогидалги тун, Жабрагӏилил шигӏраби цӏехолел адабият бокьулел магӏарулал рукӏиналъги бицуна гьес дунялалда тараб лъалкӏалъулги, я гьаниб лъиего пайда гьечӏеб, я доба жидеего батулареб гӏадада хъвадариялъ гьел цойгияз лъеда полоп гӏадин инабун батараб гӏумруялъулги. Гьесул гӏадаб шигӏру лъугьине ккани, гьевлъун рукӏине ккола… Тӏадехун рехсохъе, гьесул гӏадаб рокьи букӏине ккола магӏарул рагӏудеги, гьесул гӏадаб гӏищкъу букӏине ккола миллаталдеги, гьесие гӏадин, гӏодулаго хиралъизе ккола Ахӏулгохӏги; гьев гӏадин къулизе ккола жиндирго миллат цогидаздаса борхалъизе гьабурал гьелъул имамзабазеги, устарзабазеги, гьезул баракаталъ ккун бугеб гьелъул къисматалъеги; гьесул гӏадин гиризе ккола магӏу, гьеб киналъулго къиматги гьабуларел, къадруги цӏунуларел «гӏасияб мехалъул мехтарал лъимал» рихьунги, гурхӏел тӏадегӏанав Аллагьасул сабруялъул хӏисаб гьабунги…\nЦевечӏола Жабрагӏил, гьеб киналъулго пикрабаз бакӏарараб, бицине кӏолареб, рехсон бажарулареб, малъкъосиналъ керен къакъалеб, гьадаб цо, магӏил гороян жинда абулеб, дунялалъухъги валагьун, гьелъул хӏакъалъулъ ургъел бикьизе щоларел, регӏун гьечӏел гӏадамазухъги урхъун, «цӏвак-цӏвакун зобалахъ цӏвабиги ругеб, цӏар ахӏун ватизе гӏаданги гьечӏеб» лахӏзат, зодоб бакъ бугонигицин, бачӏанщинаб къоялъги, унебщинаб моцӏалъги, лъугӏун батараб соналъги, жинцаго гӏадамазухъе гали базе рес гьечӏолъиялъ, гордухъан гурони, бихьулареб гургинаб дунялалъулги, гьанибго толеб гьелъул хӏисаб гьабуларел гьезулги хӏакъалъулъ пикраби цолъун, лъимцин къулчӏизе биччалареб магӏил гӏомоялъ мукъулукъ бацарав, столалдаги чӏарбидаги, лъукъарал къункъраби гӏадин, тӏиритӏарал, къваридал, пашманал шигӏраби берцинаб хатӏалъ тӏад хъварал тӏанчазухъги валагьун…\nЦӏала-цӏалараб кечӏ чӏарбиде «боржине» биччалаан Жабрагӏилица. Гьел кучӏдул гӏадамазухъе роржине, басмаялда рахъизе ккелин киданиги ракӏалдеги кколароан. Гьудулзабазе цӏалулаго гьел гӏенеккун чӏаниги, цӏалун хадуб гьезул пикру лъаниги гӏолаан.\nЖабрагӏилил кучӏдузда бижизабуна Тӏадегӏанав Аллагьас гьесул бохдузе кьечӏеб рухӏ, гьесул рекӏелъе тӏуна Бетӏергьанас гӏадамал кантӏулеб рагӏи абизе шавкъ, гьесул ботӏролъ бекьана Аллагьас унго-унгояб, бацӏцӏадаб, боцӏиялъ бецлъаразе канлъи рагьулеб пикру, рагӏарабго гӏенеккарасул рекӏелъги ботӏролъги хутӏичӏого рес гьечӏеб, кечӏалъ тарбия кидаго кьолеб букӏараб магӏарул халкъалъе хиралъараб, бигьаго ургьибе унеб гӏакъиллъи хасиятаб Шигӏру.\nГьединлъидал гьесул шигӏраби тӏехьалдаса цере роржана халкъалъухъе, халкъиял кучӏдул гӏадин, авторасул цӏаралдасаги цере тӏиритӏана магӏарулазда гъорлъ. Гьесул кучӏдузул гьайбатлъиги гъварилъиги цоги миллаталдаги бихьизе, нилъер адабияталда жакъа байрахъулаблъунцин лъугьун бугеб, гьелъухъе жинцаго нух бахъараб Жабрагӏил Хӏасановасул шигӏруялъ гьелги асир гьаризе, гӏурус мацӏалде руссинаризе ккелин пикру бачӏарай дун, дагьай ургъидал, рекӏекълъана. Цониги таржамачи-шагӏирасда Жабрагӏилил рагӏабазул гъварилъиги, гьесул рахьдал мацӏалъул бечелъиги, гьелъул хасаб гугьарги гӏурус мацӏалда кьун бажарулареблъи бичӏчӏана (Цӏадаса Хӏамзатилги, Чӏанкӏалги, Гӏалихӏажиясулги, Махӏмудилги гӏадин). Хасго Ахӏулгохӏалдеги имамзабаздеги гьарурал шигӏраби…\n* * *\nХъвадариялъе гьунаралда цадахъго Аллагьас Жабрагӏилие кьун букӏана жахӏда-хӏусуд гьечӏеб, рагӏиги шигӏруги хирияб, жакъаги цоцазе ритӏухъаб гьудуллъи нижелъ доб мехалъго гьес бекьиялъ жиндие ниж налъулаблъун бугеб рекӏел бацӏцӏалъиги, гьелдаго цадахъ гьев гьудулзабазе дагьавги хиралъизавулеб бегӏераб рагӏиги, гӏажаибго гӏужилаб махсараги. Гӏунараб гӏамалалъул чиясдаса гӏадамал рикӏкӏалъулел гӏадин, гӏатӏидаб рекӏел Жабрагӏилида аскӏоса нахъе ине бокьулароан. Кочӏодалъунги гьабулаан гьес махсара. (Студенталлъун ругеб мехалъго цо нухалъ дун гьаюраб къо баркизе, нижер общежитиялъул ункъабилеб тӏалаялде вачӏана Жабрагӏил… Жаниве лъугьун вачӏунаго тӏоцере абурал, жинда дур нуцӏикӏалтӏа чӏун ратанин гьал мухъалин, ахӏулеб гӏадин, гьес ххенезарурал рагӏаби рукӏана: «Тубхӏааааат! Мун гьаюраб къо буго къойил гьаб дунялалда, Мун йижичӏеб къо буго къиямасеб ракьалда!») Гьеб махсара гӏамалалъулъ бессараб, гьелъулъги хасаб гӏакъиллъи бугеб хасияталъ гьес живгоги къисматалдаса хвасар гьавулев вугеблъи бихьулаан дида… Гьединлъидалги унаан дун, цӏалиги рехун тезе ккун, магӏарухъе гочун, лъова чӏарав Жабрагӏил эхеве вачӏиндал, гьес ахӏаралъуе.\nКочӏолъ къваридаб ракӏ гӏумруялъулъ кутакалда гӏатӏидаб букӏана гьесул. Кечӏ хъвалаго жибго дунялгун хутӏидал, гьудулзабазул горсверулъ гьеб кӏочон толеб букӏиндал. Цо-цо кучӏдузулъ релъизейилан ккаралги рагӏабазулъцин добго пашманлъи букӏунаан. Гьеб бичӏчӏиларо цого-цо пикру гьечӏев чиясда:\n«Мун гьаб дунялалъул боцӏуе гӏоло\nЦӏан тӏажу бахъизе лъугьунге, гьудул…»\nГьаб кӏиго мухъалъулъ батула кинабго, аслияб – гӏадатияб къагӏидаялъ гӏадатиял магӏарулаз абулел (гӏурус мацӏалде руссинаруни, лъидаго ричӏчӏизе гьечӏел), бегӏералги магӏна гъваридалги рагӏаби Жабрагӏилихъе рачӏун руго жалго рекерун, цӏакъ гьел хӏажатабги, гьел гурони, рекъезе рукӏинчӏебги бакӏалде. Боцӏуе гӏоло «гӏицӏлъулел» ругел гӏадамал рихьун, ракӏкъалеб мех диргоги гӏемераб букӏуна. Пайда щиб, дир гьудул Жабрагӏил, гьезда кколелъул жал рихьулел гьечӏилан… Гьезул гӏадаб гӏумру гъадицаги гьабула, гьединлъидал, къокъаб букӏаниги, къадруябги рагӏулъгицин баракат бугебги дур гӏумруги бергьана, дур цӏарги халкъалъе хутӏана.\nЖабрагӏилил баракатлъун лъугьана дие сундасаго цебе гьесул сверухълъи. Гьесдасан щвезе хъван букӏун буго дир дунял чӏаго гьабулел, дирги дир шигӏруялъулги даража гӏодобе ккезе биччачӏел, жал рихьанщинахъе вацал рихьараб хӏисаб дие кколел (гьезда дунги вацилан кколей ятула, щайгурелъул Жабрагӏилицаги гьесдаса хадув лъарав Гъалбацӏовасги Тубхӏатил бакӏалда Тӏалхӏатин ахӏулеб букӏиндал диде), жалгун цадахъ, доб мехалъ гӏадин, бокьараб бакӏалде дун ине кӏолел, дир гӏамалалъе дандекколеб, шигӏруги, рагӏиги, миллаталъул тарихги хирияб ракӏазул гьелчей бугел, гьелго ракӏазул рацӏцӏалъи дие бокьулел, доб гӏакълу гьечӏеб гӏолохъанаб мехалъ жидеца дир напсгицин цӏунаралъухъ дица жидехъги Бетӏергьан Аллагьасе щукру гьабулел Кьурукьмухъалъул васал: Гъоркьа Бакълъухъа Мухӏамад Хӏамзаевги, Мухӏамадрасул Гӏумаровги, Занатӏаса, Тӏаса Бакълъухъа, Гьандихъа, Могьохъа Жабрагӏилилги шигӏруялъулги адаб гьабулелщинал. Даимго Аллагь разилъи гьарула дица гьезиеги, мунагьал чураги нижер гьудуллъиялъеги гьелъулъ гӏаданлъиялъеги баракатлъун лъугьарав Жабрагӏилилги. Гьанибго абичӏого гӏоларо гьеб мухъалъул васазулъ, иманалда цадахъ, адабияталде, гӏакъилаб каламалде, шигӏруялде ракӏазулъ бессараб рокьиялъ хӏикмалъизе бачӏунин кидаго. Гьелълъидал гьезие Жабрагӏилги хирияв вукӏарав. Гьелълъидал гьезда дилъ, гӏолохъанай яс гурей, шигӏруялъ жидеда гъорлъе ячарай, гьелде бугеб рокьиялъ жалгун ящалъизаюрай кочӏол яс йихьулей йикӏарай. Баркалаха нужее, Кьурукьмухъалдаса кьуричӏого дида хьолбохъ жеги ругел, Жабрагӏилица диде гьабулеб божел бикьарал, нуж рихьанщинахъе ракӏалдещвеяз дирги ракӏ тирхулел, тӏул бикьичӏониги, ракӏ бикьарал вацал. (Гьезда гъорлъа Мухӏамад Хӏамзаевги Мухӏамадрасул Гӏумаровги гьесда хьолбохъаги гьесул пикрабалъаги араб мехго букӏун батиларо, росуцоял гурелги, тӏоцереги ахиралдаги гьесда кверчӏвалелги, гьес жиндирго кучӏдузулъ «гьудул…» абун, гӏемерисеб мехалъ кечӏ бижулагоцин цадахъ рукӏун, рехсолел, гьев Ахӏулгохӏдеги цоги бакӏаздеги вачунел рукӏарал… Гьезул кучӏдузулгицин букӏуна релълъараб гъварилъи, релълъараб миллат бокьи, гьелъул тарих хиралъи… Цо-цоял дихъе кӏалъазецин кӏалъала гьаб кечӏ Жабрагӏилилищила, Хӏамзаевасулищила абун… Гьеб релълъин буго, рагӏабиги, мухъалги такрар гьарулеб гуреб, ракӏазулъ бугеб, нилъго, магӏарулалги, нилъер тарихги, Ватӏанги, Тӏадегӏанав Аллагьги цолъараб, гьеб цолъиялда тӏаде (яги гьеб цолъизабуралъухъ) Бетӏергьанас гьунарги кьураб жидеего хасаб релълъин.\n* * *\nНижер горсвериялъул буго батӏияб, цогиязда релълъинчӏеб, шагӏирзабазул къисмат. Гьеб горсвериялъул ракӏалдещвеялги рукӏуна батӏиял, нижго гӏадал, гӏарацги боцӏи-панзги гъорлъ гьечӏел. Гьел ракӏалдещвеязул аслияб асарлъун лъугьуна ниж урхъун ратараб мехалде щун рати… Гьеб асаралъулъ ращалъуларо цо-цо мехалъ, гӏумруялъул гьадаб бутӏа хутӏун, хутӏанщинал соналги, хъулухъал-ишалги, бищун кутакав хӏакимчиясул тахги…\nГьаб бакӏалда ракӏалде щвана нижер цо данделъиги. Жабрагӏил эхеве вачӏун вугин, хехго Батырайил къотӏное ахӏулей йигин лъазаби щвана хӏалтӏуда, тӏахьазул издательствоялда йигей дихъе. Цӏиял кучӏдулги росизе кколаан кидаго. Гурони Жабрагӏилица, субалочин, дуда хъвадарейин гурищ лъазабун тун букӏарабин, нечезаюлаан. Щванаха Батырайил къотӏноб Хӏамзаевас ккун букӏараб, нуцӏа рагьун, къотӏносанго жанибе гали бегьани, гьеб гали рукъ бакьулъе кколеб, гьитӏинаб, Жабрагӏил вачӏанщинахъе гьесул штаб-квартираялде сверулеб букӏараб рокъое.\nДунги ячӏун вохарав Жабрагӏил ахӏдана Хӏамзаевасде: «Мухӏамад! Хехго гьанире, бездарал! Бездарал сокӏкӏе Тубхӏатида гъоркь!» — илан. Сокӏкӏана тӏахьазул сиги, ссиялда гӏодой чӏана дунги. Ягъарани, биххизе хӏадураб гьадаб «бездаразул бакӏуха» дица кьелареб гьаб жакъаги бищун борхатабги, тирулебги, сверулебги, жинда кӏусизе ихтияр цо нухалъ щваравги, нагагь гьеб кодоса инадайин, кьижизе гурев рокъове унаревги, у-унайин, гьебги ккун чӏун, чӏван гурони, нахъе унаревги хӏакимчи кӏусараб доб тахалъухъ.\nХӏамзаевас ккун букӏараб гьеб гьитӏинаб рукъги кьелароан гьал хъулбузухъ. Хӏанги, чедги, помидорги, гьезда гъоркьги тӏадги Жабрагӏилил кучӏдулги, адабияталъул вакилзабазул хӏакъалъулъ рицунел кепал лъугьа-бахъиналги – гьебги кьелароан жалгоги бечедал, гӏамалги учузал, чехь гӏорцӏиялъ гӏагӏаялда гурони релъизе гӏакълуги гьечӏел, ракӏалги мискинал цо-цо чагӏазул гӏумруялъухъго.\nНижер гьеб вацлъи дир хӏалтӏудаги лъалаан. Цо нухалъ директорасул секретарь ячӏана: «Тубхат, по-моему, это письмо тебе», — йиланги абун. Ялагьана конверталде. «Кому» абураб бакӏалда хъван буго (кинабго машинкаялъ кьабун, дида хатӏ лъалелъулги, гьеб дихъе битӏараб бакӏги – махсара дие гурелъулги): «Зургалову Тӏалхӏату», — йин. «От кого» абураб бакӏалда – «Советский РОВД» абун. (Доб мехалъ Шамил район Советский район букӏиндал), Махӏачхъалаялъул цо районги Советский букӏиндал… Хӏинкъараб дир куцги бихьун, гьей чӏана дица конверт рагьизегӏан. Тӏоцебесеб мухъалдаго букӏана: «Хӏинкъарайищ, товарищ Тӏалхӏат? Гьедин хӏинкъизайизе йиго нодо багьизегӏан какал рачӏони…», — ян.\nКак-кӏалалъе цӏакъай кийха дун йикӏиней доб мехалъ, жеги, Жабрагӏилица абухъе, Гъунисаги йигони. Ахирал соназ цо нухалъ гьес абуна: «Гьанже бегьула мун Бакълъухъ Гохӏда юкъизе», — ян. Ахӏулгохӏалъул тарих, жиндие гӏадин, дие хиралъиялъги, Сагӏид-афандиясулги цогиязулги исламиял тӏахьазе редакторлъи гьабиялъги, жиндиргоги баракаталъ, жиндаго лъикӏ лъалеб, аскӏоб бугеб Занатӏаса хъизамалде дир къадар хъваялъги, цоги-цогидалъги мустахӏикълъана дун гьесул рецц-бакъалъе. Гьебги дие Бакълъухъа Жабрагӏилил шапакъатлъун букӏана…\nТелефонал раккаралдаса гьенисанги цӏалулаан нижеца цоцазе кучӏдул. Цо-цо Бакълъухъеги щолаан гьесухъе гьоболлъухъ. Гьединаб букӏана, гӏумруялъул киналгӏаги законалги нижерго жинсиял гӏаламаталги цӏехолареб, Жабрагӏилица кьучӏ лъураб, гьесул гьудулзабазулги дирги, шагӏирзабазул ракӏазул законазе гурони мукӏурлъулареб, бацӏцӏадабги борхатабги гьудуллъи.\nВихьичӏого гӏезегӏан сонал индал, Махӏачхъалаялъул госпиталалда вегарав гьесде яккизеги щун, тӏадюссун унаго, пашманаб рекӏелъе рачӏарал пикраби рикьараб кечӏги гьаниб лъун, лъугӏизе тани гурони, лъугӏелго батизехъин гьечӏин мунагьал чураяв, сахлъи гьечӏолъиялъ, кӏудияв шагӏирасул къисмат къокълъарав, амма жиндир къалмил тӏогьиб Тӏадегӏанав Аллагьас Ватӏан бокьиялъул баракат лъурав, цӏаралгун шапакъатал щвечӏониги, халкъалъул беразда вихьичӏониги, гьелъ цӏалулев, цӏехолев Гъоркьа Бакълъухъа Жабрагӏил Хӏасановасул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеязул цо-цоялги гьесул шигӏруялъе дида кьун бажарулареб къиматги…\n«Чӏаго хутӏарав шагьид»\nЖабрагӏил вачӏун вуго\nМагӏарухъа эхеве.\nАнивго чӏолевани,\nДунялалъул ракӏгъезе…\nЖабрагӏил вачӏун вуго\nАб Махӏачхъалаялде.\nБакълъухъа бакъалъ ахӏун,\nИнаха ав эхеде…\nЖавгьар гӏадаб рекӏелъа,\nЛъикӏлъи гуреб, бикьичӏев,\nДуниялалъул рокъоб,\nРохел гуреб, бекьичӏев,\nБачӏараб къоялъегун\nКъанщараб сордоялъе\nДаимав нугӏ гӏадинан,\nГӏодов чӏарав Жабрагӏил.\nБачӏунебгун унелъе\nСапар-сагӏат битӏизе\nБетӏергьанас вищарав\nЗаманалъул хъаравул,\nАварагасде витӏун,\nУммат кантӏизабурав\nМалаикасул цӏаруй\nМустахӏикъав Жабрагӏил.\nСардалги рорчӏун дуца\nАб дуниял кӏикӏула,\nБасрияб тӏимугъ гӏадин,\nХадубго кӏобокӏула.\nКӏудиясул рагьдухъе\nРилълъин гӏагарлъарабго,\nГӏансилгӏан пайда гьечӏеб\nГьеб тӏубан учузлъула.\nАхӏулгохӏалъул тарих\nБайрахълъун ккурав шагӏир,\nДуцаго абухъего,\nЧӏаго хутӏарав шагьид,\nШагьиялде сверулеб\nБуго панадуниял\nДур пикрабазухъ гӏинбан\nГӏенеккарай диеги.\nАллагьас нижей кьурав\nРагӏабазул малаик,\nМун гӏун вуго гӏумрудул\nМагӏна лъазе, Жабрагӏил.\nГордухъ маркӏачӏумехги,\nРагьдухъ ахирзаманги…\nДур палата, Парида…\nПардав къаге, Жабрагӏил!\n…Къана Жабрагӏилицаги пардав… Лъугӏана дунялалъул театралда «хӏараб» шагӏирасул, ахӏи-хӏур гьечӏого араб, амма жиндирго халкъалъе, гьелъул наслабазе рагӏудалъун тарбия кьураб, къокъаб, баракатаб гӏумру. Чӏикӏаса Кӏудиясухъе зияраталъ хӏалица галаби росулев Жабрагӏил вачӏараб мехалъ устарас абун буго: «Гьедин, захӏматго вилълъун вачӏинчӏониги гӏелаан, дир вас, мун», — илан. «Гьаб дунялалъе гьаб рилълъинги гӏун буго, дур баракат щваяв дир устар», — ин Жабрагӏилица кьураб жаваб цӏакъ рекӏее гӏун буго Сагӏид-афандиясе…\nДунялалъул рокъоб баракат гӏадин, Ахираталъул рокъоб дурго устарасул шапагӏат камунги хутӏугеги, Жабрагӏил!\nЧӏаго вукӏаго, рухӏгӏан хириял Ахӏулгохӏалъул шагьидзабазда гъорлъ хъванги ватаги, Жабрагӏил!\nТубхӏат ЗУРГЬАЛОВА"}
{"slug": "cziadirabazda-shkola-yagi-biznes", "url": "https://hakikat.info/?nationals=cziadirabazda-shkola-yagi-biznes", "title": "Цӏадирабазда – школа яги бизнес", "date": "2025-12-22 20:29:28", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Жакъа нилъер гӏумру тӏубанго буссун буго социалиял гьиназде. Щивав чи вуго пуланал къокъабазда. Бокьун буго гьединаб цо къокъаялда ккараб бахӏсалъул хӏакъалъулъ бицине.\nГьеб буго дир курсцоязул къокъа. Цоял хӏалтӏулел руго лъималазул ахикь тарбиячагӏилъун, цогидал – байбихьул школалда, лъабабилел – педагогикаги жибго тун, батӏияб пишаялде ран руго. Гьал къоязда Лак районалдаса Разиятица – гьей ккола тарбиячӏужу – къокъаялда гьикъана: «Дида гьарулеб буго школалда учительлъун хӏалтӏизе ячӏаян, лъабабилеб класс кьелин абун. Гьенив вуго 8-10 цӏалдохъан. Битӏараб бицани, педучилище лъугӏаралдаса нахъе тарбиячӏужулъунги хӏалтӏун, гьеб иш кутакалда бокьула дие. Росуцоязул гьариги тӏубанго нахъчӏвазе кӏоларого йиго. Кинаб гӏакълу кьелеб нужеца дие? Инищ дун школалда хӏалтӏизе?» — ян.\nГьелъие кьурал жавабаз бихьизабулеб буго жакъа лъай кьеялъул идарабазда бугеб хӏакъикъат. Гьединлъидал гьел гьанир кьолел руго хисизаричӏого.\nМадина (Буйнакск шагьар): «Гьанже школалда буго цӏакъ захӏматаб программа. Гьелде тӏадеги, учитель регӏизего толев гьечӏо аслияб хӏалтӏуде – дарсал кьезе. Гьаб платформаялда, доб порталалда, гьадаб сайталда – киса-кибего хъвай-хъвагӏай гьабизе тӏамула учительзаби жидерго, лъималазул ва гьезул эбел-инсул. Кутакалда захӏмат буго гьаб заманалда школалда хӏалтӏизе».\nПатӏимат (Ставрополь край): «Битӏараб абулеб буго Мадинаца. Лъаларо, Дагъистаналда иш кин бугебали, амма нижер гьаниб битӏахъе хӏухьел цӏазе заман щоларо. Гьанир-дора хъвай-хъвагӏаял гьаризе ккани, цӏалдохъабазул эбел-инсуда гьардезе ккола, щивасулгун гӏаммаб мацӏ батизе ккола. Гьелде тӏаде, МЭШила, ЦОКила – ричӏчӏизе захӏматал къокълъизарурал рагӏабазда нахъа бахчун буго учителасул заман чӏвалеб цоги балагь. Йохъ, цо гуро, чанго балагь! Гьебги дагь бихьулеб батила лъай кьеялъул хӏакимзабазда. Тарбия кьеялъул тадбиралинги абун, ургъула цо жал. Масала, «Движение первых», волонтерал – чӏанда!!! Нилъер заманалда кьолеб букӏана унго-унгояб тарбия. Гӏуцӏулел ва тӏоритӏулел рукӏана хӏакъикъаталдаги пайдаял, рекӏелъ цӏунун хутӏулел тадбирал. Гьанжейин абуни, ахӏула яги лъазабула пуланаб тадбир букӏине бугилан. Гьенир рахъарал суратал, видео-роликал лъола социалиял гьиназда яги школалъул сайталда, гьелдалъун лъугӏула тарбия кьеялъул иш.\nМукъсанаб гурони харжги кьоларо учителасе. Дир классалда вуго 27 цӏалдохъан. Дагьабищ букӏунеб гьезулгун гьабулеб хӏалтӏи?! Соналдаса соналде гӏемерлъулебги буго гьеб. Амма моцӏрол харжиде тӏаде бачӏунеб жого батуларо. Гьединлъидал гӏолилаз инкарги гьабула школалда хӏалтӏизе. Исана нижехъе ячӏана гӏолохъанай педагог. Жиндие щолила техничкаялъе щолелдаса кӏиазарго гъурущалъ цӏикӏкӏараб харж. Гьаб харжихъ хӏалтӏизе жий рази гьечӏинги абун, тӏоцебесеб четверталдаса хадуй нахъе ана гьей.\nГӏемерал соназ лъималазул ахалда хӏалтӏарай дуе гӏемерго лъикӏ буго гьенийго чӏани».\nГульнара (Бабаюрт район): «Дун хӏалтӏула росдал школалда. Дир вуго анлъго цӏалдохъан (дагьал комплектазулаб школа буго). Киналго школазда – шагьаралда яги росулъ букӏа, батӏалъи гьечӏо, хӏалтӏула цогояб программаялда рекъон. Цебе росдал школалда хӏалтӏулев учителасе бигьалъаби рукӏунаан, программаги батӏи-батӏияб букӏана. Гьанже кинабго цойиде бачун буго.\nАбулеб буго, тӏасияб соналда МРОТ (хӏалтӏухъ кьолеб мухьалъул бищун дагьаб роцен) цӏикӏкӏинабизе бугилан. Цӏикӏкӏинабуни щиб – учителасдаса гӏемер щвезе буго техникияв хӏалтӏухъанасе. Гьебги хӏехьелаан – нилъ ругьунал ругелъул, чӏобогоцин хӏалтӏизе нахъе къаларо учительзаби, хӏалтӏизе рес кьолебани!!! Щибго пайда гьечӏеб хъвадари сабаблъун дарсиде хӏадурлъизеги ракӏбохулеб хӏалалда дарс кьезеги заман толаро. Гьебгӏан захӏмалъулеб жо гьечӏо дие! Лъие хӏажатаб жо гьеб?! Гьединаб хӏалалъ лъикӏал, лъай камилал педагогал лъутизарулел руго школалдаса. Классал рацӏцӏинедай инаян йикӏуна дунгоцин. Жавабчилъиги гьечӏо, харжги гӏемераб щвела».\nГугьарша (Чӏарада район): «Ясаз гьаниб рагьана жакъасеб школалъул унго-унгояб хӏакъикъат. Цебе нилъедаса тӏалаб гьабулаан хӏалтӏул хӏасил, ай цӏалдохъабазе нилъеца кьураб лъаялъухъ халгьабулаан, рукӏа-рахъине малъулеб бугищали халкколаан. Гьанже щиб къваригӏун бугеб нилъедаса? Гӏицӏго кагътиде буссинабураб хӏаракаталъул хӏасил! «Орлята Дагестана», «Движение первых» — рахъана суратал, ритӏана тӏалаб гьабураб бакӏалде ва гьелдалъун дур классалъул, школалъул цӏар тӏибитӏана. Хӏакъикъат лъиениги хӏажат гьечӏо».\nСаният (Махӏачхъала): «Росабалъ бигьа буго хӏалтӏизе. Шагьаралъул школазда классазда вуго 38-40 цӏалдохъан. Цо-цо классазда жеги цӏикӏкӏунгиха. Кин гьезда малъизе кколеб цӏализеги хъвазеги? Кӏихӏи вихъун дарс кьуниги, щибаб лъимералда бичӏчӏизабизе кутакалда захӏмалъула. Гьединлъидал школалдаса нахъе унел руго учительзабиги. Хутӏаразда бачинабула кӏи-кӏи класс. Кӏиябго сменаялда хӏалтӏизе тӏамула учитель. Цо классгун хӏалтӏун, свакан, тату хварав педагог, хӏухьбахъизе заманго батуларев, кӏиабилеб сменаялдаги дарсал кьезе хӏажатавлъун ккола. Кинаб хӏасил букӏинеб гьединаб хӏалтӏул? Хъизам хьихьизе хӏажатал гъурщазухъ чӏван лъола нилъеца чорхол сахлъи…».\nУчителасул къисматалъул ургъалида бугоан «Дир хирияб Ватӏан» абураб жамгӏияталда гьоркьобе унеб «Учительзаби ва преподавательзаби» абураб къокъаги.\nВашалав: «Жакъа дир гара-чӏвари ккана байбихьул классазул цо учительницагун. Цӏехана, школалда, лъай кьеялда цӏияб щиб бугебилан. Гьелъухъ гӏенеккидал, учительзабазда ракӏ гурхӏизе бачӏана. Хӏисаб гьабеха: учителасе кьолеб буго гӏага-шагарго 24 азарго гъурущ, рацӏцӏалъи гьабулей гӏаданалъе – 27 азарго. Битӏахъего, нечана. Кин гьеб гӏарцухъ гӏумру гьабизе кколеб учителас? Коммуналиял хъулухъазухъ кьезеги, сахлъи щула гьабизеги, лъимал хьихьизеги, гӏумру гьабизеги кин гӏезарилел гьел гъурщал? Гьеб харж щолев чиясухъа хӏалтӏи тӏалаб гьабизе нечезе ккела нилъ».\n+7 928 … 41-82: «Жакъа улкаялъул нухмалъиялда ругел ва коммунистазде рокьукълъиялда руцарал гьал «демократаз» росдал школалъул учителасухъа бахъана советияб власталъ гьесие кьолеб букӏараб кинабго, чӏобогояб ЖКХялдаса байбихьун. Учителасул хъизамалъе коммунистаз чӏобого кьун букӏана канлъиги хинлъиги. Гьанжесел «демократаз» гьелъие моцӏрое бихьизабун буго гӏицӏго 1400 гъурущ».\n+7 909 … 30-65: «Хӏакимзабаз абула, учительлъи бугила ракӏалъ тӏаса бищараб пишаян. Дица цо-цоязда абуна, гьедин батани, рачӏа дуца дурго харж дие кье, ва мунго гьеб рекӏел ахӏиялда рекъон хӏалтӏеян… Цонигияв разилъичӏо гьелда».\n+7 909 … 30-65: «Учитель инсан кколарищ? Гьесулги букӏуна чанги къваригӏел. Амма лъидаха рагӏулеб бугеб нижер гьаракь? Хӏалтӏизе бокьун гьечӏев чияс бизнесалде нух бахъеянлъидал нижеда лъазабураб…».\nАсият Гӏалиева: «Дир ишцояй школалдаса нахъе ана. Гьелъие гӏиллалъун ккана цӏалдохъанасул бадибчӏвай. «Нужеца нижеда малъула цӏалде, цӏалдеян. Щиб щолеб бугеб дуе, школалдаги хадубккунги лъикӏ цӏаларай гӏаданалъе? Кепказухъ хӏалтӏулей йиго», — ян абуна гьелда цӏалдохъанас. Махщел хисана гьелъ ва гьанже лъикӏаб харж кьолеб бакӏалда хӏалтӏулейги йиго.\nДие абизе бокьун буго: лъай бугев чиясе хӏалтӏи камиларо. Амма метерисеб къоялъул пикру гьабидал, пашманлъула ракӏ. Щив хӏалтӏизе вугев школалда, гьениса учитель нахъе инавулев вугони? Щибаб соналъул сентябралда дун школалде уна, хӏалтӏудаса нахъе инилан гӏарза хъвазе ракӏалдеги ккун. Амма дунги нахъе ани, щив гьенив хӏалтӏилеван абураб пикруялъ рокъое тӏадюссуна, кӏиго ставкаги тӏаде бегизабун.\nДир буго гьадинаб пикруги: рачӏа ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасде хитӏаб гьабизе, коммунистазул заманалдаго гӏадин, коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб мухьалдаса учитель тӏуванго эркен гьавеянги гьарун. Бажариладай, КПССалдаго гӏадин, «Цогояб Россиялда» гьеб иш рекъезабун?»\nГьанир рехсарал пикрабазул хӏасил гьабуни, бихьулеб буго школалъул учителасул жакъа расги лъикӏаб гӏумру гьечӏеблъи. Гьеб хисизабиялъе тадбирал гӏуцӏизе заман цебего щун буго. Квар тӏеренаб бакӏалдаса тӏолин абулелъул, тӏубанго иш лъугӏилелде, ахӏвал-хӏал хисизабиялъе хӏаракат бахъани, лъикӏаб букӏина.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "giumrudul-zavalalda-dunyal-tarav-bahiarchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giumrudul-zavalalda-dunyal-tarav-bahiarchi", "title": "Гӏумрудул завалалда дунял тарав бахӏарчи", "date": "2025-12-22 20:38:35", "categories": ["insan", "kultur"], "text": "Исана 120 сон тӏубана хъвадарухъан, журналист, жамгӏияв хӏаракатчи, магӏарул прозаялъе кьучӏ лъуразул цояв Ражаб Динмухӏамаев гьавуралдаса.\nРажаб гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ Динмухӏамал ва Гӏашатил мискинаб хъизамалда. Ражаб гуревги, гьезул йикӏана яс Салиматги.\nГьитӏинав чи Ражаб ссылкаялде витӏарав бидулав инсуда цадахъ ккола гӏурус ракьалде: Якутск ва Тула губерниязде, ахирги 1916 соналда Петербургалде. Гьел соназ Ражабица лъазабула гӏурус мацӏ, лъай-хъвай гьабула гӏурусазул рукӏа-рахъиналъулгун, маданияталъулгун. 1917 соналда гьев эменгун цадахъ Дагъистаналде тӏадвуссуна. Амма гӏемераб заман иналдего, эмен хола ва эбелалъулги яцалъулги тӏалаб гьаби Ражабида тӏаде ккола.\nИнкъилабалда хадуб Россиялда багъа-бачарараб граждан рагъ Дагъистаналда цӏакъго гӏасияб сураталде сверула: цо рахъалда рукӏуна Хӏоцоса Нажмудинил рахъккурал, цогидаб рахъалда — Деникинил ва Бичераховасул хъахӏаскарилал, лъабабилеб рахъалда — багӏарал партизанал. Жеги гьитӏинав чи вугониги, Ражабица кӏвараб кумек гьабулеб букӏуна багӏарал партизаназе. Гьесул рагъулаб кагътида 1919-1920 сонал рагъулал ругин тӏадежубайги батула.\nДагъистаналда рагъул гуч чучарабго, Ражаб витӏула Шурагьиб бугеб интернаталде. Гьенибго комсомолалъул хӏалтӏудаса байбихьула гьесул жамгӏияб хӏаракатчилъи. 1925 соналъ гьев вахъуна ВКП(б)-ялъул членлъун, ва гьебго соналъ гьев витӏула Москваялде, Бакъбаккул захӏматчагӏазул коммунизмаялъул университеталде цӏализе. Гьенив цӏалула 1928 соналде щвезегӏан.\n1926 соналдаса байбихьула Р. Динмухӏамаевасул хъвадарухъанлъи. Текстал кодоре щун гьечӏониги, лъалеб жо буго, гьесул тӏоцересел асарал «Къанал чӏваяв Къади» ва «Цеве Аллагь, хадув рос» абурал харбал рукӏин.\n1928 соналда Р. Динмухӏамаев лъугьуна «Социализмалъул байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторлъун ва гьелдаса нахъе байбихьула гьесул журналистикияб ва публицистикияб нух. Газеталда рахъула гьесул жамагӏаталда гьоркьоб кӏвар бугел суалал рорхарал макъалаби, чанго батӏияб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏаялги репортажалги.\n1929 соналъ басмаялда бахъула «Бидухъ би» къисаялъул тӏехь. Гьелда Р. Динмухӏамаевас борхулеб буго доб заманаялда цӏакъ кӏвар бугеб тема — «бидулаб къисас ва гьелъул заралияб хӏасил».\n1930-абилел соназ хъвадарухъанасул творчествоги хӏаракатчилъиги лъикӏ цебетӏола. 1934 соналъ гьев хӏалтӏизе лъугьуна республикаялъул «Магӏарул большевик» газеталъул жавабияв редакторлъун. Гьебго соналъ Ражаб восула Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалде, гӏахьаллъула Тӏолгосоюзалъул хъвадарухъабазул съездалда, басмаялда бахъула авар адабияталда жаниб тӏоцебесеб роман – «Хъабчилъ бахӏарзал». Гьеб романалда жаниб гӏадатаб росдал гӏадамазул мисалалдалъун бихьизабулеб буго инкъилабалда цебе мискиназулги бечедазулги букӏараб хӏал ва гьелдаса хадур лъугьарал хиса-басиял.\n1935 соналъ Динмухӏамаевас хъвала «Галинал «гьалбал» абураб къиса. Гьениб хъвадарухъанас цӏалдолезда цебелъолеб буго Галина абурай гӏолохъанай гӏурус учительницаялъул къисмат, ва гьелъ жиндир намусалде гьесарал «гьалбадерие» гьабураб дандечӏей.\nГьесда кӏочон толаро журналистикияб ва публицистикияб хӏалтӏиги. Ражабица хъвала колхозазул хӏалтӏи билълъинабиялъе квалквал гьабулезда данде кӏудияб макъала. 1937 соналъ бахъараб «Лъималазул литература борхизабе» абураб макъалаялда гьес критика гьабулеб буго лъималазе хъварал асаразул даража цӏакъго гӏодобегӏанаб бугилан. Гьенибго гьес рецц гьабулеб буго гӏун рачӏунел шагӏирзабазе — Расул Хӏамзатовасе ва Ибрагьим Утарбиевасе.\n1938 соналъ Ражабил гӏумруялда жаниб лъугьуна кӏудияб хиса-баси. Гьев партиялдаса нахъе рехула, хадубго газеталъул редакторлъиялдасаги вахъула. ВКП(б)-ялъул Дагъистан областалъул комитеталъул бюроялъ гьабураб хӏукмуялда рекъон, гьелъие гӏиллабилъун рихьизарун руго:\n1) «Хъабчилъ бахӏарзал» тӏехьалъул политикияб зарал букӏин;\n2) Халкъалъул тушман Самурский веццун кагътал хъвай;\n3) Дагъистаналда буржуазиял националистазул тушманаб хӏалтӏи загьир гьабулеб «Известия» газеталъул макъалаялъул хӏужабиги нахъчӏвалаго, цебе бахъараб хъвадарухъабазул къокъаялъул собраниялъе бетӏерлъи гьаби ва нухмалъи кьейги балъго гьаби.\nГьелдаса хадуб рагъ байбихьизегӏан, Р. Динмухӏамаевасул я макъалаби, я художествиял асарал я газеталда, я тӏехь биччан къватӏире рачӏинчӏо.\nРагъ байбихьаралдаса нахъе Динмухӏамаевасе бокьун букӏуна Ватӏан цӏунизе ине. Кӏиабизе тӏад хӏалтӏи гьабулеб букӏараб «Хъабчилъ бахӏарзал» романалъул щвараб бакӏалда гьес хъвала: «Жакъа рагъ лъазабуна, романалда тӏад хӏалтӏи лъугӏизе тана. Ватӏан цӏуниялъул ишалде байбихьана» — ян. Амма гьесие инкар гьабулеб букӏуна.\n1941-1943 соназда гьес хъвала рагъул темаялда хурхараб лъабго къиса — «Тӏулакьераб борохь», «Гьа» ва «Хиянатчи».\nТӏоцебесеб къиса гьес хъвала 1941 соналъул 15 июлалда цо къоялда жаниб. Гьеб гьитӏинаб къисаялъул аслияб мурад ккола гӏадатиял магӏарулазул фашистазда — «тӏулакьерал борхьазда» — данде Ватӏан цӏунун рагъизе гъира бижизаби.\nКӏиабилеб къисаялда бицунеб буго, рухӏалда барахщичӏого, тылалда хӏалтӏулей эбелалъухъе рагъда вас чӏван вугилан ругьел щвеялъул ва бахӏарчиго гьелъ гьеб хабар къабул гьабиялъул.\nЛъабабилеб къисаялда рагьулеб буго хилиплъиялъул тема. Гьенив вихьизавулев вуго мисалияв эменги вацги ругев гӏолохъанчи, Ватӏан цӏунизе къо тӏаде щвараб мехалъ, цо лахӏзаталъ хӏинкъиялъул кверщаликье ккей ва тӏаса бищараб нухалъ гьев кинаб хӏасилалде вачуневали. «Хиянатчи» къисаялъул текст батана гӏицӏго 1967 соналъ адабиятчи Мухӏамадрасул Гӏусахӏовасда.\n1943 соналъ Р. Динмухӏамаев витӏула Типлисалде, рагъуе хӏадурлъиялъул курсазде. Гьев тӏовитӏизе рачӏуна гьесул гӏагарлъи ва гьудулзаби — таржамачи Хӏамид Темирханов, лингвист Шигьабудин Микагӏилов, хъвадарухъан Мухӏамад Хуршилов ва гь.ц. Курсал лъугӏун хадуб гьев витӏула Украинаялъул фронталде. Гьесул «агитатор» хъулухъ букӏуна, звание — цӏикӏкӏарав лейтенант.\n1944 соналъул 10 апрелалда Тернополь областалъул Заболотивко росдада аскӏоб гӏасияб кьалулъ Р. Динмухӏамаев чӏвала. Цин гьев вукъула гьенивго, хадуб 1957 соналъ гьесулги жеги 35 рагъухъанасулги рукьби цӏидасан рукъула Чортков шагьаралъул хабзалалъ. Гьел рукъараб бакӏалда лъун буго 36-ясулго цӏарал тӏад хъвараб гӏарас (зани). Гьединго хъвадарухъанасул цӏар кьун буго Урма росулъ цо къватӏалъеги гьоркьохъеб школалъеги.\nР. Динмухӏамаевас нахъе тана кӏудияб ирс: макъалаби, очеркал, репортажал, харбал, къисаби ва роман. Гьесул асарал лъугьана гьанжего гьанже гӏуцӏулеб магӏарул прозаялъул щулияб кьучӏлъун. Амма жакъа къоялде гьесул гӏемерисел асарал цӏалдолесухъе щвечӏого хутӏун руго, школалъул программаялда бугеб цо-кӏиго къиса хутӏизегӏан. Жакъа гьесде ва гьесул творчествоялде кӏвар кьолеб гьечӏониги, хьул буго, букӏинеселда Ражаб Динмухӏамаевасул цӏаралъ авар адабияталда жаниб мустахӏикъаб бакӏ кквезе батилин."}
{"slug": "naslabigi-czolizarulago", "url": "https://hakikat.info/?nationals=naslabigi-czolizarulago", "title": "Наслабиги цолъизарулаго…", "date": "2025-12-22 20:44:24", "categories": ["shchivgo-kiochon-gechio", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Ичӏабилеб декабралда, Ватӏаналъул Бахӏарзазул къоялъ Гъизилюрт шагьаралда рагьана иргадулаб «Бахӏарчиясул парта». Гьединаб цӏаралда гъоркь акция тӏобитӏулеб буго тӏолабго Россиялда. Руго гьединал партаби Дагъистаналъул шагьаразул ва районазул щибаб школалдаги колледжаздаги… Гӏемер гӏахьаллъула газеталъул хӏалтӏухъаби гьеб проекталда рекъон тӏоритӏулел тадбиразда. Гьаб нухалда диеги рес щвана Гъизилюрт шагьаралъул № 8 школалда гьединаб тадбиралда гӏахьаллъизе. Ватӏан бокьиялъул кӏудияб байрамалде сверараб гьеб дандеруссин сайгъат гьабун букӏана СВОялъул бахӏарчи, «Бихьинчилъиялъул орденалъул» лъабцӏул кавалер (лъабабилеб – хун хадуб), Казбек районалъул Гуни росулъа Мухӏамад Хӏасановасе. Гьесул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ чанго нухалда хъвана газеталдаги. Гьесги къанщана берал Ватӏаналъул парахалъиялъе гӏоло. Мухӏамадил гӏумруялъул букӏана гӏицӏго 28 сон. Нахъе хутӏана ясги ва жиндирго цӏар лъурав васги (вас гьавуна Мухӏамад хун хадув).\nТадбиралда гӏахьаллъана школалъул директор Ибрагьим Абакаров, Гъизилюрт шагьаралъул терроризмалде данде къеркьеялъул комитеталъул отделалъул нухмалъулев Салимхан Иразиханов, гьебго отделалъул бетӏерав специалист Салихӏ Темуркаев, тарбия кьеялъул рахъалъ школалъул директорасул заместитель Гьарун Хӏусенов, учительзаби, цӏалдохъаби, бахӏарчиясул эмен Хасай Хӏасанов, яц Марият, гӏагарлъи ва цогидалги гьалбал. Ибрагьим Абакаровас, Гьарун Хӏусеновас ва Салимхан Иразихановас гӏатӏидго бицана Мухӏамадил бахӏарчилъиялъул ва рагъулал нухазул хӏакъалъулъ. Гӏенеккаразе кӏудияб асар гьабуна Мухӏамадил эмен Хасайил кӏалъаялъ. Гьесул кӏалъаялъул пикраби гьаридал, бичӏчӏулеб букӏана вас Мухӏамадил бахӏарчилъиялъул ва Ватӏан бокьиялъул кьалбал гӏагараб Гуни росулъан, инсул гъанситохъан рачӏарал рукӏин. Лъана кинаб къебелъухъ куцараб бугеб бахӏарчиясул лъабабго «Бихьинчилъиялъул орденалъул» къисаги.\n— Хӏурматиял гьалбал, школалъул учительзабазул, цӏалдохъабазул коллективал, тӏаде рачӏарал гьалбал. Тӏоцебесеб иргаялда, кӏудияб баркала нужее дир вас кӏодо гьавизе ракӏалде ккаралъухъ. Бахӏарчиял умумуз нилъехъе ирсалъе кьураб талихӏаб ватӏан цӏунизе ирга щвана гӏолохъанаб гӏелалде. Дозул рухӏазе гӏоло жакъа щивав гӏолохъанчиясда тӏадаб буго Ватӏан цӏунизе. Дица дирго васазда кидаго малъулаан кигӏан кӏудияб даражаялда Ватӏан бокьизе кколебали. Ватӏаналдаса байбихьула цогидаб рокьиги. Ватӏаналде рокьиялъ тарбия кьола эбел-инсудеги, гьудулзабаздеги, гӏагарлъиялдеги, хъизамалдеги бугеб рокьиялъе. Диеги бокьулаан цӏализе художествияб литература. Гьедин васаздаги малъана дица. Гьелги ругьун гьаруна тӏахьал цӏализе. Нужедеги хитӏаб буго дир, хириял цӏалдохъаби — тӏахьазулгун гьудуллъи ккве. Гьедин гурищ кӏалъарав гӏун бачӏунеб гӏелалда Цӏадаса Хӏамзатги. Тӏахьаз бицуна нилъее Ватӏаналъулги, гьудуллъиялъулги, эбел-инсулги, гӏадатазулги ва цогидабги лъикӏабщиналъулги хӏакъалъулъ. Цӏале тӏахьал, цӏаларалдасан тӏоритӏе бахӏсал. Гьеб киналъго нужее кумек гьабизе буго гӏумру бичӏчӏизе ва гьелъул нухаздасан, тӏекълъиги къезабулаго, церехун ине, — ян абуна гьес.\nГьадинав инсул вас батӏиявлъун вукӏине ресги букӏинчӏо. Бихьулеб букӏана гьесие бигьа гьечӏолъиги. Амма гьес, щибго хӏалги лъазе течӏого, рекӏел тӏиндасан бурун бачӏунеб пашманлъиги бахчулаго, ахиралдаги абуна:\n— Дун чӏухӏула дирго васасдаса. Батӏияв Мухӏамад дица къабул гьавизе вукӏинчӏо. Дун гӏадал, васал камурал умумул гӏемерлъана улкаялда. Амма гьезул щивасги, жакъа дица гӏадин, абизе бугеблъиялда ракӏчӏола дир, — ан\nШколалъул цӏалдохъабаз литературияб композицияги сайгъат гьабун букӏана Мухӏамад Хӏасановасе ва цогидалги СВОялъул гӏахьалчагӏазе.\nТадбиралъул кӏиабилеб бутӏа тӏобитӏана школалъул библиотекаялда. Гьеб нухда бачана Гьарун Хӏусеновас. Школалъул директорас ва Салимхан Иразихановас цӏалдохъабазда бичӏчӏизабуна экстремизм ва терроризм щиб кколебали. Гьаруна гьезие малъа-хъваял. Гьенибго ракӏалде щвезаруна Мухӏамад Хӏасановасул росуцояв, Россиялъул Бахӏарчи, араб гӏасруялъул 1999 соналда Дагъистаналда рагъулал тунка-гӏусиял ккараб мехалда, СОБРалъул командирлъун вукӏарав Арзулум Ильясовасул багьадурлъиялъул нухалги. Гьесие сайгъат гьабураб бокӏонги бугоан школалда. Гьелдасан бихьулеб буго школалда патриотикияб тарбия кьей тӏадегӏанаб даражаялда букӏин.\nМухӏамадил яц Мариятилгун букӏараб гара-чӏвариялдаги гьелъ ракӏалде щвезабун букӏана, росулъе вачӏанщинахъе, Арзулумие бараб памятникалъухъе щолаанин гьев.\n— Мухӏамадие цӏакъ хирияб букӏана росуги росу машгьур гьабурал гӏадамалги. Бокьулаан гьесие росдал тарихги. Инсуца ниж ругьун гьарун рукӏана тӏахьал цӏализе. Гьес кидаго абулаан Ватӏан бокьизе кколин рухӏалдасагийилан. Мисалалги рачунаан Ватӏаналъе гӏоло рухӏ кьуразулги гьелъие гӏоло рагъарал бахӏарзазулги, — ян абуна гьелъ.\nКъисматалъги, гьунаралъги, багьадурлъиялъги цолъизавурав кӏиго росуцояв, хадусел гӏелаз жидер бахӏарчилъиялдаса мисал босизе ругел. Гьедин куцалеб буго гӏун бачӏунеб гӏел нилъер бахӏарчиял гӏолохъабазул гьунараз.\nЖал гьезул гьунаразеги цӏаразеги мустахӏикъал рукӏине ругилан гьа бана школалъул 7 «в» классалъул цӏалдохъабаз. Гьеб классалда букӏине буго «Бахӏарчиясул партаги».\nНаслабиги цолъизарулаго, тӏадегӏанлъиялде боржунеб буго дир Дагъистаналъул бахӏарчилъи, жиндирго тарихалда цӏиял гьурмалги рагьулаго.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "lagialil-hiakikat-hiakikatalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=lagialil-hiakikat-hiakikatalda", "title": "Лъагӏалил хӏакъикъат — «Хӏакъикъаталда»", "date": "2025-12-26 14:57:29", "categories": ["barkiyal", "kaziyat", "obshestvo"], "text": "Гьале тарихалде ана цогиги лъагӏел. Батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназдалъун хӏалуцараб букӏана гьеб дунялалдаги — нилъер улкаялдаги, Дагъистаналдаги. Дагьал рукӏинчӏо улкаялдаги республикаялдаги лъикӏал лъугьа-бахъинал, пайдаял хӏалтӏаби, ишал, тадбирал. Нижеца хӏаракат бахъана гьезул хӏакъалъулъ газеталъул гьурмаздасан нужееги бицине.\nБаянаб букӏахъе, 2025 сон Россиялъул президентас лъазабун букӏана Ватӏан цӏунулезул лъагӏеллъун. Гьединго, исана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса тӏубана 80 сон. Хъвана газеталъ гьеб Кӏудияб бергьенлъиялъулги, гьеб гӏагар гьабурал миллатцоязулги, гьез бихьизабураб бахӏарчилъиялъулгун къохӏехьеялъулги хӏакъалъулъ. Бицана жакъаги улкаялъул интересал цӏунун хасаб рагъулаб операциялда къеркьолел ругел гӏолохъабазулги.\nДагьал гьечӏо «Хӏакъикъат» газета цӏалулел, нижехъе хъвадарулел, цогидазда гьоркьобги гьеб тӏибитӏизабиялъе жигараб гӏахьаллъи гьабулел чагӏи. Редакциялъул рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго магӏаруллъиги хириял, нилъер адабиятги, маданиятги, тарихги бокьулел гьудулзабазе.\nТӏаде щолеб бугеб цӏияб 2026 сонги баркун, баркала кьезе бокьун буго миллияб газеталъе подписка гьабиялъе квербакъарал магӏарул районазул нухмалъулезе. Республикаялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Ризван Гъазимухӏамадовасе, Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповасе, Гъизилюрт районалъул бетӏер Рустам Татархановасе, Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасе, Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасе, Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамад Муртазагӏалиевасе, Болъихъ районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатовасе, Хьаргаби районалъул бетӏер Мухӏамадгӏали Тӏагьировасе, Гъуниб районалъул бетӏер Расул Хӏусеновасе, Казбек районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаевасе, Лаваша районалъул бетӏерасул заместитель Гӏабдусалам Дибировасе, Лъаратӏа районалъул бетӏер Мурад Рамазановасе, Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевасе, Цӏумада районалъул бетӏер Шамил Гӏумаровасе, Цӏунтӏа районалъул бетӏер Ахӏмад Хӏамзатовасе, Бежтӏа участкаялъул бетӏер Шамил Арадаховасе, Чӏарада районалъул бетӏер Хӏусен Гӏарабиевасе.\nХасаб баркала загьир гьабизе бокьун буго хӏажалъи ккедал хьолбохъ ратарал Дагъистаналъул миграциялъулаб хъулухъалъул нухмалъулевлъун вукӏарав Мухӏамад Мухӏамадовасе, «Гӏазим» абураб гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул генералияв директор Гӏабдулхӏалим Мачаевасе, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовасе, Хьаргаби районалъул нухмалъулесул заместитель Асхӏабали Маликовасе.\nНижеца гьединго тӏаде щвараб Цӏияб сонги баркун, баркала кьола газеталъул хӏаракатал мухбирзаби — Цӏунтӏа районалдаса Рамазан Абулмуслимовасе, Хӏажи Нажмудиновасе, Бежтӏа участкаялдаса Шугӏайп Ражабовасе, Шамил районалдаса Сайпула Гьитӏинамухӏамадовасе, Зайирбег Мухӏамаднабиевасе, Мухӏамадрасул Асхӏабовасе, Гӏахьвахъ районалдаса Хӏажимухӏамад Кучуевасе, Хасмухӏамад Муслимовасе, Деньга Махиевасе, Шагьрудин Къурбановасе, Гумбет районалдаса Камил Хӏадисовасе, Магьди Гӏабдурахӏмановасе, Унсоколо районалдаса Мухӏамаднаби Ибрагьимовасе, Мухӏамад Гъазимухӏамадовасе, Хасавюрт районалдаса ва шагьаралдаса Мухӏамадрасул Шайихмухӏамадовасе, Ниязбег Алмахъскиясе, Мухӏамадрасул Расуловасе, Казбек районалдаса Салихӏ Салихӏовасе, Салман Хӏажимухӏамадовасе, Гъуниб районалдаса Патӏимат Абакаровалъе, Мухӏамад Абакаровасе, Ругъжаса Гӏалисултание, Хунзахъ районалдаса Мухӏамадхӏабиб Халилбеговасе, Фатима Мухӏамадовалъе, Цӏумада районалдаса Хӏабиб Давудовасе, Болъихъ районалдаса Шамсудин Сиражудиновасе, Гъизилюрталдаса Тӏалхӏат Ахъбердиевасе, Мухӏамад Рамазановасе, Буйнакскиялдаса Наби Гӏисаевасе, Мухӏамад Гӏабдулгӏазизовасе, Махӏачхъалаялдаса Шамил Мухӏидиновасе, Асхӏабгӏали Хӏасановасе, Мухӏамад Мухӏамадовасе (Ибрагьимович), Мухӏамад Насрулаевасе ва гӏемерал цогидазеги.\nБаркала буго районазулгун росабазул почалъул киналго хӏалтӏухъабазе, Шамилхъалаялъул почтамталъул начальник Тикилав Хӏажиевасе ва гьесул хӏалтӏухъабазе. Редакциялъул церегосел хӏалтӏухъабазе, ветераназе.\nЦӏияб сонги баркун, гьарула киназего сахлъи, рохел, рокъоб парахалъи ва баракат! Хьул буго «Хӏакъикъаталъулгун» хадубккунги нужеца гьудуллъигун хурхен цӏунилин ва щула гьабилин абураб.\nРедакция"}
{"slug": "hiazhataze-kverbakila-magiishat-tiegazabila", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hiazhataze-kverbakila-magiishat-tiegazabila", "title": "Хӏажатазе квербакъила, магӏишат тӏегьазабила", "date": "2025-12-26 15:05:33", "categories": ["insan", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда «Хӏакъикъаталъухъ» гьоболлъухъ щварав Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповас бицана исана район цебетӏеялъе гьабураб хӏалтӏул ва рехсана тӏасияб соналда тӏуразе церелъурал масъалабазул хӏакъалъулъ.\nСахлъи цӏуни\nИсана Гумбет районалъул Мелъелтӏа, Игьали ва Чӏиркъатӏа росабазул больницаби къачӏан лъугӏулел руго. Гьелъ рес кьола районалъул гӏадамазе лъикӏаб даражаялъул медицинаялъул кумек щвезе. Гумбет районалъул централияб больница къачӏазе биччан букӏана 28 миллион гъурущгӏанасеб гӏарац. Къачӏана Игьали росдал участкаялъулаб больницаги. Гьелъие 19 миллион гъурщиде капиталияб ремонт гьабуна. Лъанлъари росулъ фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП) къачӏан рагӏалде бахъана. Гьелда тӏад хвезабуна 1,3 млн гъурущ.\n2024 соналдаго хӏисабалде босун букӏана районалда гьанжесеб къагӏидаялъул медицинаялъул идара базе. 20 чиясе вегизе бакӏ бугеб медицинаялъул идара ва 55 чи къабул гьавизе рес бугеб поликлиника базе хӏисабалде босун буго Гъоркьа Инхо росулъ. Гьелъие хӏажалъула 462 миллион гъурущ. Проект къабул гьабуна пачалихъияб экспертизаялъ. Больницаялда кумек гьабизе буго аскӏор ругел росабалъа унтаразеги. Дагъистаналъул сахлъи цӏуни цебетӏезабиялъул пачалихъияб программаялда рекъон, Гъоркьа Инхо росулъ медицинаялъул идараби раялъул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизе ракӏалда буго 2026 соналъул ахиралде щвезегӏан.\nРайоналъул цогидал росабаздаги 2030 соналде щвезегӏан медицинаялъул идарабазул рахъ лъикӏлъизабизе буго. Цӏаналъ ва Аргъвани росабалъ цӏиял ФАПал разе ва Чӏикь росулъ бугеб ФАП къачӏазе хӏисабалде босун буго.\nНухал\nГъалип Гъалиповас бицана Гумбет районалда шагьранухал къачӏаялъул хӏакъалъулъги. Гьеб лъабабго шагьранух ккола республикаялъул кӏваралъул нух.\n— «Мелъелтӏа — Гъагъалъ», «Гъоркьа Инхо – Килалъ» ва «Хасавюрт — Кьохъ» шагьранухал къачӏалел руго. Проект гӏумруялде бахъинабизе биччан буго 715 млн гъурущ. «Хасавюрт — Кьохъ» 3,3 км манзилалъул нух къачӏазе биччан буго 226 миллион гъурущ. Гьеб букӏана цӏакъ санагӏат гьечӏеб нух, Хӏариб габурлъухъан Хасавюрталде ва Кьохъе автомашинаби хьвадулеб. Гьединго къачӏазе буго ганчӏил кьоги.\n«Инхо-Килалъ» ункъо километралдаса цӏикӏкӏараб манзилалъул шагьранух къачӏазе хӏажалъула 236 миллионгӏанасеб гъурущ. Гьениса лъим хьвадизе лъезе буго маххулгун бетоналъул 11 рогӏоро. Жакъа къоялде бащдаб хӏалтӏи рагӏалде бахъунеб бугин абизе бегьула.\n«Мелъелтӏа — Гъагъалъ» шагьранух къачӏазе биччан буго 254 миллион гъурущ. Гьеб буго Болъихъ районалде унеб нух.\nАхал\n2030 соналде щвезегӏан Гумбет районалда, ДРялъул Хӏукуматалъ цебелъураб, мугӏрулгун авлахъазда ахихъанлъи цӏигьабиялъул программаялда рекъон, 120 гектаралда ахал гӏезаризе руго.\nЖакъа къоялда Гумбет районалда ругел ахазул гӏатӏилъи ккола 737 гектар, гьезда гьоркьоса 6 гектаралда гӏезабулеб буго цӏибил, пихъил ахал руго – 516 гаялда. Районалда аслияб къагӏидаялъ гӏезабула курак (460 гектаралда).\nАхал гӏезариялъул программаялда рекъон, гъоркьиса Гъадари росулъ лъабго гектаралда чӏана гӏечул гъутӏби. 2030 соналде гьениб гӏезабизе буго гӏаммаб къагӏидаялъ 25 гектар ахил. Гъоркьа Инхо росулъ 25 гектаралда чӏезе буго цӏолбол ах.\nГумбет районалда цӏигьабизе буго «Хьоп-халат» абураб цӏолбол тайпа. Гьеб чӏезе бакӏги тӏаса бищун буго. Гьеб лъалъазе лъим бачиналъул суал тӏубазе хутӏун буго. Гьеб рахъалъ районалъе квербакъулеб буго «Дагъмелиоводхозалъ». Ахирал соназда Игьали, Инхо, Чӏиркъатӏа росабалъ лъел мухъал ва лъим кьабулел станциял къачӏазе биччан буго анлъго миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ.\nИсана «Игьали — Ингиши» лъел мухъ къачӏазе кӏиго миллион гъурущ биччан букӏана. Гьедигӏанго къадаралда гӏарац биччана Инхо росулъе лъим бачинеги. Чӏиркъатӏа росулъ лъел мухъ къачӏазеги кӏиго миллион гъурущ ана.\nСВОялъе кумек\nХасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе Гумбет районалъ нилъер рагъухъабазе ва къварилъи ккарал регионазе гьоркьоса къотӏичӏого гуманитарияб кумек гьабулеб буго. Гумбеталъулаз СВО тӏобитӏулеб бакӏалде битӏана 200 тонна гуманитарияб кумек. Хӏажатазе кумекгун хасаб рагъулаб операция тӏобитӏулел ракьазде щвана районалъул идарабазул нухмалъулел. СВОялъул рагъухъабазе ва гьезул гӏагарлъиялъе квербакъи гьабула лъай кьеялъул, культураялъул ва цогидал гӏуцӏабаз, Гумбет районалъул руччабазул советалъ, сахаватал районцояз.\nДагьаб цебегӏан Дагъистаналъул ЦУРалда Гумбет район цебетӏеялъе исана гьабураб хӏалтӏул хӏасилазул бицине тӏобитӏараб чӏагояб эфиралда Гъалип Гъалиповас Запорожье областалъул лъимал районалде хӏухьбахъиялъе гьоболлъухъ ахӏана.\n«Бокьун буго риидал Запорожье областалъул лъимал Гумбет районалде ахӏизе. 100 лъимер къабул гьабизе буго нижеца. Нижер район буго цӏакъ лъикӏаб бакӏалда ва ракӏалде ккола лъималазе гьениб цӏакъ лъикӏ букӏинин. Гьел рохизаризе ва разиго тӏадруссинаризе хӏаракат бахъила. Гьеб буго гумбеталъулаз жидерго рахъалъ гьабизесеб кумек. Риидал Гумбет районалъул бищунго лъикӏал цӏалдохъабигун медалал щварал кӏодо гьарулеб тадбиралде ячӏун йикӏана Мелитополь шагьаралъул №5 школалъул директор Нина Воронина. Гьейгун цадахъ рачӏун рукӏана дора хӏалтӏулел ругел нилъер ракьцоял. Гьелги ахӏулел руго цӏидаса нижеца гьоболлъухъ», — ан абуна Гъалип Гъалиповас.\nПатӏимат СУЛТӏАНОВА"}
{"slug": "czo-komandirasul-kiigo-muhilav", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czo-komandirasul-kiigo-muhilav", "title": "Цо командирасул кӏиго мухъилав", "date": "2025-12-26 15:10:38", "categories": ["magiarukh", "obshestvo", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Гъизилюрт район ккола республикаялъул чӏахӏиял ва экономикаялъул рахъалъ церетӏурал районазул цояблъун. Гьелда гьоркьобе уна 13 росу, гӏумру гьабула 77-азаргогӏанасев чияс, ракьалъул гӏатӏилъи буго 524 квадратияб километр. Гьеб рикӏкӏине бегьула гьитӏинаб Дагъистанлъун — гьенир гӏумру гьабун руго нилъер киналго абуниги миллатазул вакилзаби, гьезул гӏемерисел, гӏага-шагарго 85 процент, ккола магӏарулал. Гьединлъидалги батизе бегьула (ратила цоги гӏиллабиги) районалде уна лъикӏаб къадар «Хӏакъикъаталъул», 400-ялде гӏагарун экземпляр. 2021 соналдаса нахъе районалъул бетӏерлъуда вуго Рустам Татарханов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвариги.\n- Рустам, дуда нахъа къеда ран руго кваранаб рахъалъ Путинил, квегӏаб рахъалъ Меликовсул суратал. Кӏиясдаго гьоркьов вукӏун хӏалтӏизе захӏмат гьечӏищ дуе?\n— Тӏад гьел руго, аскӏор Россиялъул ва Дагъистаналъул пачалихъиял байрахъалги руго. Гьедин букӏиналъ дир хӏалтӏуе кинабгӏаги хасаб захӏмалъи кьоларо, амма гьелъ тӏад лъола цӏикӏкӏараб жавабчилъи. Гьанисан хӏанчӏун, добасан тӏинкӏун рахӏаталда толеб гьечӏо нилъер пачалихъ, кьолеб гьечӏо хӏалхьиялда чӏезе рес. Гьединлъидал киназдаго тӏадаблъун буго жиде-жидер «тахалда», жидерго хӏалтӏуда кинабго тӏубазе букӏине кколеб хӏалалда. Гьебго буго диеги, хӏалтӏи баччизе ккола бажарараб куцалда. Абила цоги. Кӏулзеб росулъ лъималазул ясли-ах «Умка» рагьулаго, 2021 соналда, ВКСалдасан диеги щвана Дальний Востокалда вугев Владимир Путингун кӏалъазе рес. Чӏухӏи бугев чи дун гуро, амма дун кутакалда вохарав вуго гьедин ккеялдаса, гьеб хӏужаялъ гьабуна дие кӏудияб асар.\n— Лъагӏел унеб буго ахиралде. Хӏакъаб жо, гьелъул мухӏканал хӏасилал лъала хадусеб соналъул байбихьуда, амма гӏаммаб къагӏидаялда босун, цереккунисел гьел кинал ругел, хасго 2024 соналда дандеккун?\n— Районалда буго 13 кӏудияб ва чанго гьитӏинаб, чӏахӏиязда тӏаде жубарабги (Мацаевка Нечаевкаялда, Шушановка Стальскоеялда, Гъадари Цӏобокь-Миякьоялда) росу. «Мой Дагестан — мои дороги», «Местные инициативы» программабазда рекъон гьенир гьаруна гӏезегӏан хӏалтӏаби. 2021 соналдаса нахъе районалда рана лъималазул ахал — Кӏулзеб (60 гьитӏичасе), Комсомольское (80 гьитӏичасе) ва Нечаевка (200 гьитӏичасе). Школал: Кироваул-Манапхъала (604 цӏалдохъанасе) ва Гъоркьияб Чирюрт (216 цӏалдохъанасе) росабалъ. Гьединаб хӏал букӏинчӏо ахираб 30 соналда жаниб. Гӏарцуда хурхарал суалазда бан, гьеб рахъалъ исана ниж дагьал нахъе ккана — тӏуразе рукӏарал киналго мурадал тӏуразе рес гӏечӏо, рагьичӏого хутӏана цо школаги цо ясли-ахги. Район, аслияб куцалда росдал магӏишаталъулаб бугелъул, гьелъул хӏасилал араб соналъулаздаса хашал рукӏинчӏо. Амма квеш ккараб жо буго росдал магӏишаталда хӏалтӏизе бокьарал гӏадамазул къадар соналдаса соналде дагьлъулеб, ракьалдехун бугеб бербалагьи тохлъулеб букӏин. Дагь-дагьккун ракь буссунеб буго бича-хисиялъулаб, гӏарцулаб роценалде, холеб буго гьелъул гӏадлу-низам.\n— Чӏахӏиял инвестпроектазе нух рагьун бугищ районалда ?\n— Ччугӏа гӏезабиялда, гьеб къачӏаялда хурхараб кӏудияб проект байбихьун буго Нечаевка росулъ. «Дагъмясо» проектги буго цӏакъго кӏвар бугеб, гьелъ рес кьезе буго кӏудияб къадаралда гьан къабул гьабизе ва рагӏа-ракьанде щун гьеб къачӏазе.\n— Хадусеб соналъул магӏишатиялгун социалиял планал кинал ругел ?\n— Хадусеб соналда гӏумруялде бахъинабизе ккола тӏадехун рехсараб «Дагъмясо» проект. Гьелда хурхун боцӏи хьихьулел гӏадамазул буго кӏудияб гъира ва хьул, дагьабниги рес бугез росабалъ рагьулел руго фермаби. Гьеб рахъалъ буго лъалеб хӏалалъул рагъа- рачари, гьеб буго цӏакъ ракӏ бохараб иш. Цоги киналго рахъал росани, цӏакъго цере инчӏониги, тӏасияб соналда исанасеб даражаялдаса нахъе ккезе ва гӏодоре ине ниж бегьуларо, гьечӏо гьединаб рес ва ихтияр.\n«Рост Аква» компаниялъ, Нечаевка росулъ форель тайпаялъул ччугӏа гӏезабулеб кӏудияб комплекс баялъе, инвестиция хӏисабалда биччазе буго 1, 4 миллиард гъурущ. Байбихьуда лъагӏалие гьелъ гӏезабизе ккола 850 тонна ччугӏил, хадубккун гьеб къадар бахине буго лъабазаргоялде.\n— Мун районалъул бетӏерлъуда вуго ункъо лъагӏелалъ. Гьелде щвезегӏан мун гӏемерал соназ хӏалтӏана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулевлъунги. Хӏалбихьи бугев педагог хӏисабалда, дуца дуего, районалъул бетӏерасе, кинаб къимат лъелеб?\n— Доб мехалъ дида гьаниб батана директоразул цӏакъ лъикӏаб коллектив — гьел рукӏана цоги магӏишаталда хадур лъугьинчӏел, лъималаздехун рокьи бугел, лъайгун хӏалбихьи тӏадегӏанал специалистал. Гьезде гьоркьове ккедал, кинабго рахъалъан дица гьездаса босана, гьезие дица кьуралдаса гӏемерго цӏикӏкӏун. Дица гӏамал гьабуна батараб коллектив цӏунизе, кинабго хӏалтӏи гӏуцӏулаан ва гьабулаан гьезда дандбан. Дунго нахъе унаго, цӏияв нухмалъулевги тана гьезда гьоркьоса чи, гьезда дандги бан. Къимат лъей бигьаяб масъала гуро, амма дица диего лъелаан лъабилаб.\n— Щай?\n— Тӏаса-масаго кинабго гьабуни гӏолев, араб куцалда хӏалтӏи биччан толев чиясе бигьаяб батизеги бегьула гьадинаб хӏалтӏи. Дун гьанивго гӏурав чиги вугелъул, дие гьедин данде кколаро, дун жувала кинабго тӏубазейин абун. Кинабго лъугьунареб, цебе унареб мехалда дагьал хиса-басунги лъугьуна, захӏматги букӏуна, рекӏелъги къала. Гьаб буго кинабго абулелъулги, гьабулелъулги жаваб кьезе, киназулгоги цевехъанлъун вукӏине кколеб, цоязда бичӏчӏулеб цогидазда бичӏчӏулареб, цо-цо бичӏчӏарабги гьабичӏого тезе кколеб, цо-цо бичӏчӏизего бичӏчӏичӏебги гьабичӏого гӏолареб, диего гӏумру гьечӏеб хӏисабалъул хӏалтӏи. Гьединлъидал дие бокьухъе кинабго тӏубан бажарулареб, бажаризе ресги гьечӏеб заманалда тӏокӏаб кинаб къиматха лъелеб.\n— Гьедин бугеб заманалда лъеладай дуца хадусеб болжалалда районалъул бетӏерасул хъулухъалде кандидатура?\n— Гьабсагӏаталда кинго бажаруларо гьелъие жаваб кьун. Дун ккола пачалихъияв хъулухъчи, республикаялда буго дир нухмалъи, руго дун гӏенеккулел ва гӏенеккизе тӏадал гӏадамал. Гьезги абунани, дунги гьелде вачӏанани лъун букӏина кандидатура, гурони… киналъего жаваб кьела заманаялъ.\n— Мун ккола гьабсагӏаталдаги спорталъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугев профессионалияв спортсмен — волейболист (вукӏана «Каскад» командаялда). Гьаб буго гӏезегӏан машгьурал спортсменал рахъараб районги. Гьединлъидал спорталъе дуца кьолищ хасаб кӏвар? Гьединабго бербалагьи СВОялъул гӏахьалчагӏаздехун дур букӏиналдаги кинабгӏаги щаклъи гьечӏо…\n— Байбихьила СВОялдаса. СВОялъул гӏахьалчагӏазул, гьезул эбел-инсул кумек гьабичӏого дица нахъчӏварав чи цониги гьечӏо. Кӏудияб, мисалалъе мина базе ялъуни кьезе гӏадинаб кумек гьабун нижехъа бажаруларо, букӏунаро гьединаб рес. Бажарараб, бокьараб куцалда гьеб гьабизе дагьаб халатбахъунеб батила, амма гьабичӏого толаро, гьеб дица рикӏкӏуна нилъер, нижер тӏадаб налъилъун. Хӏакъикъаталда спортги бербалагьи гьечӏого киданиги толаро. Волейболист вугелъул, дун ккола «командаялъулаб пикруялъул» чи, дие гӏагарал руго спорталъул гьединал тайпаби. Амма тӏаде гӏолеб гӏелалъул спорталдехун буго дагьаб батӏияб бербалагьи, цебе гӏадин гьезулъ дида бихьулеб гьечӏо рекӏел бохи, спорталдехун гъира, беразулъ цӏагун чӏаголъи. Аслияб куцалда, гьезул беразулъ кенчӏолеб жо буго «господин гъурущ». Гьедин бугониги, районалда унеб буго гӏезегӏан хӏалуцараб спортивияб гӏумру. Гьаниб буго ункъо спортивияб школа, цӏакъ цебетӏун буго лъималазул спорт, единоборствабазде хьвадула гӏемерал гӏолохъаби. Гьал къоязда тӏобитӏана кӏудияб турнир «кверзул рагъалъул» рахъалъ, энергетиказул къоялде тӏобитӏизе буго цоги кӏудияб, 7 команда гӏахьаллъараб волейболалъул турнир.\n— Нужер районалдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вуго дур гӏагарав чи Гӏабдулхӏаким Хӏажиев. Гӏагараб районалъеги, гьелъул бетӏер хӏисабалда дуеги кинаб квербакъи букӏунеб гьесул рахъалъан?\n— Бетӏер хӏисабалда, ботӏролъ жо щун гурони, дие тӏокӏаб щибха букӏинеб. Районалъе букӏуна кинабго квербакъи, кидаго вукӏуна аскӏов вахъун чӏун, цӏехола, гьикъула, малъула, гьабула.\n— Дагьаб цебе Гъизилюрталда вищана цӏияв бетӏер, Саид Маматханов. Кӏиго МО, кӏиялъулго бутӏрулги магӏарулал. Къокъго абуни, кинаб бугеб нужер гьоркьоблъи?\n— Кинабгӏаги конкуренция, кинабгӏаги дагӏба-къец, гьел жал нижер рукӏунаро, нижер буго цо команда. Кидаго лъикӏ лъазе ккола дуда аскӏов вугев чи, мадугьал, гьесул гӏамал- хасият, рукӏа-рахъин, кинабго гӏаммаб хӏалтӏиги тӏубазе ккола цадахърекъон. Шагьаралъул жаваб гъос кьела, районалъул жаваб дица кьела, амма нижер командир вуго цо, ниж руго цо командирасул кӏиго мухъилав.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "czӏuntӏa-rajon-czӏiluleb-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czӏuntӏa-rajon-czӏiluleb-bugo", "title": "Цӏунтӏа район цӏилъулеб буго", "date": "2025-12-29 13:43:33", "categories": ["gara", "magiarukh"], "text": "Ахирал соназда магӏарул районазда ккарал лъикӏал хиса-басиязулги районалъул бутӏрузда церечӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ гара-чӏвариял гьаруна «Хӏакъикъаталъ». Иргадулаб дандчӏвай букӏана Цӏунтӏа районалъул бетӏер Ахӏмад Хӏамзатовасулгун.\n— Ахӏмад, чан соналъ дуца нухмалъи гьабулеб бугеб районалъе? Мун бетӏерлъуде вачӏараб заманалда кинаб ахӏвал-хӏал букӏараб районалда ва жакъа къоялде щиб хисараб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, бокьун буго «Хӏакъикъаталъул» редакциялъе баркала кьезе, Цӏунтӏа районалдеги дир хӏаракаталдеги кӏваркьеялъухъ.\n2021 соналъул июлалда дун тӏамуна Цӏунтӏа районалъул бетӏерасул ишал тӏуралевлъун ва 2023 соналъул ноябралда муниципалияб районалъул Депутатазул собраниялъ, гьаркьалги кьун, гьеб хъулухъалдеги вищана дун.\nРайоналъе нухмалъи гьабизе байбихьараб мехалда гьаниб букӏана хӏалуцараб жамгӏиябгун политикияб хӏал. Росабазул жамагӏатал свакан рукӏана цоцазулгун гӏаммаб мацӏ батизе захӏматал батӏи-батӏиял къокъабазда гьоркьосеб дагӏба-къецалдаса. Республикаялда гӏумруялде рахъинарулел программабазулъгун проектазулъ районалъул кинабгӏаги гӏахьаллъиги букӏинчӏо. Гӏадлу-низам биххун батана районалъул администрациялдаги, гьанир ругел идарабаздагун гӏуцӏабаздаги. Цӏунулеб букӏинчӏо хӏалтӏуде хьвадиялъул низамцин.\nГьабсагӏаталда буго чӏара-хьараб хӏал. Республикаялъул нухмалъиялъ кьураб къиматалда рекъон, гӏадлу-низам чӏезабиялъул ва тӏадкъараб иш тӏубазабиялъул рахъаз район жакъа буго церехъабазул кьеразулъ.\n— Росабазе аслияб масъала ккола нухал — цо-цо бакӏазде нухго гьечӏо, цогидал бакӏазда гӏатӏид гьабизе ккола, гӏатӏидал ругезда хъил тӏун гьечӏо. Гьеб рахъалъ кинаб хӏалтӏи гӏуцӏун бугеб?\n— Хӏакъикъаталдаги, нормативазда рекъонкколедухъ шагьранухазе хъулухъ гьаби кӏудияб масъалалъун ккола нижее. Гьелъие гӏиллалъунги буго тӏабигӏияб хаслъи. Гӏемерисеб мехалда чвахунцӏадазул хӏасилалда ччукӏун уна нухал, иххал рачӏуна ва нухда чӏахӏиял ганчӏал гирун ратула, хасго ихдалги хасалихъеги. Гьелъул хӏасилалда хӏинкъи букӏуна шагьраялдаса машинаби рачиналъул, ккола гӏемер авариялги. Гьединлъидал кидаго рукӏинеги ккола нухалъул тӏалабазда.\nНухлул магӏишаталъе хӏажатаб къадаралда районалъул бюджеталдаса санайил гӏарац кьезе рес букӏунаро. Ниж хӏажаталлъун ккола ДРялъул Транспорталъул министерствоялде ва «Дагъавтодор» ГКУялде, кумек гьарун, хитӏабал гьаризе. Гьезда бичӏчӏула нижер бугеб ахӏвал-хӏал ва кидаго кумекги гьабула. Гъоркьиса гьабуна районалда жанисел тӏолго нухазул инвентаризация. Гьелъ рес кьуна бакӏалъулги магӏишатазда жаниселги нухал къачӏаялъе кьолеб гӏарац цӏикӏкӏинабизе.\nРайоналъул нухмалъиялъул хӏаракаталъул хӏасиллъунги халкъалъе кӏудияб рохеллъунги ккола «Кьадал — Бежтӏа — Кидеро» шагьранух гӏатӏид гьабиялъулги къачӏаялъулги проект республикаялъул нухлул магӏишаталъул управлениялъул планалде босизабизе бажари. 2026 соналъул ахиралде Кидероса Бежтӏа участокалъул гӏорхъоде щвезегӏан нух къачӏан бахъинабизе ккола.\nГьелде тӏадеги, байбихьун буго «Агъвали — Шаури — Кидеро» шагьранухда хӏалтӏи гӏуцӏиялъул проекталъулгун сметаялъул документал хӏадуризе. Гьеб тӏаде босана «Дагъавтодор» ГКУялъ. Хӏалтӏи байбихьизе буго 2026 соналда. Гьабсагӏаталда аслияб масъалалъун хутӏулеб буго районалъул централдаса росабалъе унел нухазда хъил тӏеялъул ишги.\n— Дагьалъ цебе ахӏи бахъун букӏана районалда ток свинабулеб бугин абун. Жакъа кинаб хӏал бугеб?\n— Мадугьалихъ ругел районаздаго гӏадин, токалъул хӏубалги, кваралги, трансформаторалги хисулел рукӏиналда бан, ток гӏемер свинабулеб буго Цӏунтӏаги. Гьабсагӏаталда «Шамильская — Анцухъ» токалъул мухъалдаги 110 кВ бугеб «Анцухъ» подстанциялдаги хӏалтӏулел руго подрядчикал. Гьал къоязда Анцухъ подстанциялда букӏараб 10 мегаватталъул (МВт) трансформаторалъул бакӏалда лъуна 40 МВт къуваталъул трансформатор. Хисана трансформатор Шаури подстанциялдаги: гьелъул къуват щуго МВталде бахинабун бажарана.\nТокал свинабулеб мехалда кидаго гуро районалъул администрациялда цебеккунго лъазабулеб. Гьединлъидал загьирлъулеб буго халкъалъул рази гьечӏолъиги. Ток свинабидал, гӏемерисел идарабазул хӏалтӏуе зарал ккола. Кин бугониги, нижеца чӏезарун руго ток кьолел автономиял алатал. Гьеб иш тӏалъулел идарабаз лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб буго ва кватӏичӏого цӏиял алатал лъун рахъинаризеги ва районалда токалъул масъалаби тӏагӏинаризеги ругин абуна махщелчагӏаз.\n— Чан социалияб объект бараб районалда ахирал соназда? «Росдал учитель» ва «Росдал тохтур» абурал программабазда рекъон цӏиял махщелчагӏи рачӏанищ росабалъе?\n— Ахирал соназда муниципалияб район гӏахьаллъулеб буго батӏи-батӏиял пачалихъиял программабазда. Гьелдалъун рес щвана Хӏибиялъ ва Мекали росабалъ цӏиял школал разе. Тӏасияб соналда, «Гӏолилал ва лъимал», «Хъизам» абурал миллиял проектазда рекъон, ракӏалда буго Хъупри ва Шапихъ росабазул школал кьучӏдасанго къачӏазе. 2027 соналда гьединабго хӏалтӏи гьабизе буго Асахъ росдал школалдаги. Кӏилъартӏа ва Мокъокъ росабалъ рана лъималазул ахал, Кӏилъартӏа ва Цӏунтӏа росабалъ — цӏияб шагьранух, Кидиринка лъаралда бана цӏияб кьо, Гьинухъ, Махъалалъ ва Зехида росабалъ — футболалъул майданалги Цӏияб Хъупри росулъ — спортивияб залги.\nАхирал соназда лъай кьеялъул идарабазул ахӏи бахъана педагогал (хасго, гӏурус ва ингилис мацӏазулги математикаялъулги) гӏолел гьечӏин абун. Гьеб масъала тӏубазабиялъул мурадалда батӏи-батӏиял сайтазда лъазаби кьун буго. Пайда босулеб буго «Росдал учитель» программаялдасаги: гьелда рекъон районалда хӏалтӏулев вуго 12 педагог.\nЖеги кӏудияб кӏвар буго тахшагьаралдаса рикӏкӏадаб районалъул сахлъи цӏуниялъул идараби тохтурзабаздалъун хьезариялъул. Районалъул больница 90 проценталъ хьезабун буго: «Росдал тохтур» программаялда рекъон хӏалтӏулев вуго анлъго тохтур ва «Росдал фельдшер» программаялда рекъон — 5 фельдшер. Аслиял махщелчагӏи больницабазда руго. Гьелдаго цадахъ гьечӏо фтизиатр, трансфузиолог, уролог. Гьезул хӏалтӏи тӏубала цогидал мехщелчагӏаз.\nРайоналда буго Шаури ва Кӏилъартӏа росабазул участокалъулал больницабиги Рекьоб росулъ амбулаторияги. Гьел къазе кколин яги штатал дагьлъизаризе хӏажат бугин абураб суал жакъа къоялда гьечӏо.\n— Исана 90 сон бана Цӏунтӏа район гӏуцӏаралдаса, амма байрам кӏодо гьабичӏо…\n— Цӏунтӏа районалъул буго бечедаб тарих. Гьеб гӏуцӏана 1930-абилел соназда. Чанги захӏматал соналги рукӏана гьелъул тарихалда, нижер халкъалъ чӏамизе ккана зулму гьабун гочинабиялъул гӏакъуба-гӏазаб. Гьединлъидалги нижеда тӏадаб буго районалъул тарих кӏодо гьабизе. Дагьал рукӏинчӏо 90-сонилаб байрам, цересел соназдаго гӏадин, кӏудияб байрамги гӏуцӏун, кӏодо гьабизе кколин абулел гӏадамалги. Амма жакъа буго масъалаби гӏемераб, гӏемерал хъизамаз къварилъи хӏехьезе ккараб, аслиял сурсатал СВОялъул тӏалабазда рекъезаризе кколеб заман. Улкаялдаго иш гьедин буго. Гьебги хӏисабалде босун, администрациялъ хӏукму гьабуна байрам тӏобитӏунгутӏизе.\n— Цӏунтӏаса чан чи гӏахьаллъулев вугев СВОялда?\n— Нижер районалдаса 115 бихьинчи вуго СВОялда гӏахьаллъулев. Гьел ккола районалъул рагъулаб комиссариаталъ ритӏарал гӏолохъаби. Цогидал регионаздаса арал ракьцоялги хӏисабалде росун, 300-ялдаса цӏикӏкӏун чи вуго СВОялда.\nСВОялъул гӏахьалчагӏазе кумек хӏисабалда гьезул хъизамазе кьола мина базе ракьул бутӏа. Гьезул лъимал тӏоцебесеб иргаялда росула лъималазул ахалде. Гьабула материалияб кумекги ва рекъараб хӏалтӏудеги росула.\nУкраинаялда кьалда ругел нилъер гӏолохъабазе гуманитарияб кумек гьабиялъулъ гӏахьаллъула районалда ругел федералиялгун республикаялъул ва муниципалиял киналго идарабазул хӏалтӏухъабиги, школазул цӏалдохъабиги, волонтеразул гӏуцӏабиги. Лъималаз хъвала кагътал, ритӏула посылкаби ва кӏвараб кумек гьабула щивав чияс.\n— Росабалъ хӏалтӏи гьечӏолъиялда бан, нилъер гӏолохъаби уна Россиялъул шагьаразда хӏалтӏи балагьизе…\n— Районалда гьечӏо цониги промышленнияб предприятие. Рикӏкӏадаб бакӏлъун кколелъул, щолел гьечӏо районалъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъе квербакъулел инвесторалги. Мисалалъе, щолев гьечӏо гьанжезаманалъул автозаправка базе тӏаде босулев инвесторцин. Хӏалтӏизе бакӏ щунгутӏиялъ гӏадамал унел руго чидар бакӏазда хӏалтӏизе. Хасго гӏемерлъана гьел ахирал соназда. Хӏалтӏуда ругелцин унел руго рикӏкӏадал бакӏазда хӏалтӏизе, ракӏ разияб харж районалдаго щоларин абун. Гьениб щвараб гӏарацги данде гьабун, гӏатӏиракьалда росула мина базе ракьал, рала минаби ва гьенирго чӏола. Гьелъул хӏасилалда районалъул идарабазе камулел руго хӏалтӏухъаби. Хӏажат буго ДРялъул хӏукуматгун цадахъ миграциялъе ахир лъолеб яги гьеб дагьлъизабулеб программа хӏадуризе.\n— Тӏаде щолеб буго Цӏияб сон. Щиб дуца гьарилеб районалъул жамагӏаталъеги магӏарулазеги?\n— Ракӏ-ракӏалъ баркула районалъул жамагӏаталдаги республикаялъул тӏолго халкъалдаги тӏаде щолеб Цӏияб сон. Гьарула киназего щулияб сахлъи, ракълилаб гӏумру. Биччанте гьеб бачӏине нилъее киназего рохелги босун! Биччанте талихӏги, аваданлъиги, парахалъиги щивасул рокъоб даимлъизе!\nГара-чӏвари гьабуна К. Сулеймановалъ."}
{"slug": "tarihalde-aral-bergenlabi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tarihalde-aral-bergenlabi", "title": "Тарихалде арал бергьенлъаби", "date": "2025-12-29 13:51:29", "categories": ["barkiyal", "kaziyat"], "text": "UFC-ялъул лъабго рачелги, «Манчестер Юнайтедалда» Местӏерухъа Гӏамирил цӏарги, Айзанатил бергьенлъиги\nUFC-ялда дагъистаниязул чарамул хатӏ\nИсанасеб сон ракӏалда чӏана UFC-ялъул речӏчӏухъанлъиялда жаниб Ислам Махӏачевас босараб кӏиго бергьенлъиялдалъун: лъагӏалил байбихьуда, 18 январалда, Бразилиялдаса Ренато Мойканодасаги бергьун, гьес цӏунана тӏадагьаб цӏайиялда UFC-ялъул чемпионасул рачел.\n14 маялда гьев ана цогидаб цӏайиялъул макъамалде ва, 15 ноябралда Австралиялдаса Джек Делла Мадалленадасаги бергьун, цӏияб рачелги цӏунун, тарихалде ана. Гьев бергьана 28 нухалъ ва къуна гӏицӏго цо нухалъ.\nИсана ичӏабилеб марталдаги букӏана нилъер миллаталъе къиматаб бергьенлъи. Гьеб къоялъ Лас-Вегас шагьаралда Бразилиялдаса речӏчӏухъан Алекс Перейрадасаги бергьун, чемпионасул рачел щун букӏана Шамил районалъул Тӏелекьа Мухӏамад Анкалаевасеги.\nГӏабдулрашид ва цогидал\nЭркенаб гугариялъул рахъалъ бищун ракӏалда чӏанин абизе бегьула июналъул ахиралда Москваялда тӏобитӏараб Россиялъул чемпионат: 10 шапакъаталда гьоркьоса ичӏгояб босана нилъер гӏолохъабаз. Ичӏго дагъистанияв вахана пьедесталалъул бищун тӏасияб хӏокӏиде. Щугоясе насиблъана гӏарцул ва анкьгоясе мазгарул шапакъатал.\nДагъистаналъул спорталъул тарихалда гьединаб халатаб меседил чӏел нилъер гугарухъабаз босараб хӏужа ракӏалда гьечӏо. Гьанир гьел киназулго цӏарал хъвачӏониги, цохӏо цӏар рехсон тела: 97 кг цӏайиялъул вакил, «Танк» Гӏабдулрашид Садулаевас цоги нухалъ бихьизабуна жиндирго гьунар ва, анкьабилеб нухалъги Россиялъул чемпионлъунги вахъун, спорталъул тарихалде ана иргадулаб бергьенлъигун.\nБоксалъул рахъалъ ракӏалда чӏана 16 декабралда Германиялда букӏараб дунялалъул чемпионаталъул къецал. Гьенив лъабго нилъер ракьцояс босана бергьенлъи. Лъаратӏа районалъул Нитӏиццухъа Муслим Хӏажимухӏамадовасги цӏияб цӏар хъвана боксалъул тарихалда, лъабго нухалъ дунялалъул чемпионлъунги вахъун.\nАнглиялъул премьер-лигаялда магӏарулав\nИсанасеб соналъул тӏокӏлъилъун рехсезе бегьила цоги къиматаб хӏужа. Апрелалъул авалалда нилъер ракьцояв, гьунар бугев футболист Гӏамир Ибрагьимовас профессионалияб контракт хъвана Англиялъул машгьураб «Манчестер Юнайтед» клубгун.\nГӏамирил умумул ккола Гӏахьвахъ районалъул Местӏерухъ росулъа. Англиялде гочиналде цере гьесул эбел-эмен гӏумру гьабун рукӏана Буйнакск шагьаралда. Жеги гьитӏинав чи Гӏамир вукӏаго, ана гьел гӏумру гьабизе Великобританиялде. Кватӏичӏого Гӏамир кьуна футболалъул школалде, ва жеги гьитӏинго гьес жиндирго букӏинесеб гьунар загьир гьабуна гьениб. 15 сон бачӏев чи гьев восана «Манчестер Юнайтед» клубалъул санаде рахинчӏел футболистал хӏалеб командаялде ва, гӏемер заман балелде, гьесул хӏаялъ асир гьаруна киналго. Ва кватӏичӏого гьесде пикру буссана «Манчестер Юнайтедалъул» аслияб клубалъул.\nЩиб лъалеб, Криштиану Роналду ва Леонель Месси гӏадал цӏар рагӏарал футболистазе гӏадаб машгьурлъи щвезе бегьула Гӏамириеги. Криштиану Роналдул профессионалияб карьераги байбихьидалха гьебго «Манчестер Юнайтед» клубалдаса.\nХалкъазул спартакиада\n21 сентябралда Махӏачхъалаялда рагьана Дагъистаналъул Халкъазул спартакиада. Тахшагьаралъул «Труд» стадионалде вачӏун вукӏана гӏемерав чи. Республикаялъул 16 районалдасагун шагьараздаса командабаз гӏахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда.\nСпартакиада рагьана батӏи-батӏияб заманалда Олимпиялъулал хӏаязда чӏел босарал ва гьенир шапакъатал щварал нилъер машгьурал спортсменаз.\nПарадалда гӏахьаллъана: Мухӏамадхан Гӏарацилов, Сажид Сажидов, Хӏайдарбег Хӏайдарбегов, Сайпула Абсаидов, Мухӏамадхӏасан Абушев, Нурмухӏамад Шанавазов, Махӏач Муртазагӏалиев, Шарип Шарипов, Мухӏамад Ибрагьимов, Ширвани Мурадов, Земфира Мухӏамадгӏалиева, Гӏабдусамад Хӏадисов ва гӏемерал цогидалги — дунялалъул, Европаялъул ва Олимпиадаялъул чемпионал, призерал.\nНилъер республикаялда тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб гьеб бергьун кӏудияб спортивияб тадбиралъ хӏакъикъаталдаги гӏемерав чи данде гьавуна.\nХунзахъа Айзанатица кӏудияб спорт квегъулеб буго\nЛъагӏалил хӏасилал гьарулаго, цоги цӏияб хабар лъана. Нилъер ракьцояй, Хунахъа Айзанат Муртазаевалъ гьал къоязда бергьенлъи босана фехтованиялъул рахъалъ Россиялъул Кубокалъе гӏоло къецазда. Кӏиго нухалъ тӏатӏала Россиялъул Кубокалъул чемпионлъун яхъарай гӏадан ккола гьанже Айзанат. Россиялъул фехтованиялъул спорталъул тарихалда жаний гьей ккана тӏатӏалаго гьединал къецазда бергьарай ункъабилей спортсменкалъун. Гьелде щвезегӏан гьединабго бергьенлъи босун букӏана Мария Мазиналъ, Анна Сивковалъ ва Татьяна Гудковалъ.\nИсана июналда Италиялъул Генуе шагьаралда Айзанат Муртазаева яхъана фехтованиялъул рахъалъ Европаялъул чемпионлъунги. 2019 соналдаса нахъе гьел къецазда нилъер пачалихъалъе бергьенлъи насиблъун букӏинчӏо, гьединлъидал Айзанатие щвараб меседил шапакъат цӏакъго къиматаб кканин абизе бегьула.\nГьединго июлалъул ахиралда Грузиялъул тахшагьар Тбилисиялда тӏобитӏараб дунялалъул чемпионаталда командаялъулал къецазда Айзанатие щвана гӏарцул шапакъат.\nГьединал хӏасилалгун нухарегӏулеб буго Айзанатица 2025 сон. Гьарула гьелъие тӏаде щолеб 2026 соналъги цӏиял бергьенлъаби, сундулъго икъбал ва гьединго Олимпиялъулал хӏаязда бергьенлъи щвараб къоги жакъа гӏадин гӏагарлъун бихьизе.\nСилдиб — UFC-ялъул чемпионазе кьучӏ лъолеб къебелъул рукъ\nИсана Цӏумада районалъул Силди росулъ хӏалтӏизе биччана Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул цӏаралда бараб спортивияб комплексги. Гьеб ккола Гӏабдулманапил вас, UFC-ялъул машгьурав речӏчӏухъан Хӏабиб Нурмухӏамадовас Конор Макгрегорида тӏад бергьенлъи босун щвараб гонораралъул гӏарцухъ бараб кӏудияб спорталъул кӏалгӏа. Ралъдал гьумералдаса 1880 метралъул борхалъуда мугӏрул тӏогьиб бугеб росу ккола Цӏумада районалъул Силди.\nСпорткомплекс базе букӏиналъул хӏакъалъулъ Хӏабибица бицун букӏана 2018 соналдаго. Гьебго соналъ, эмен Гӏабдулманап чӏаго вукӏаго, гьелъие кьучӏги лъун букӏана. Ва гьале анкьго соналдасан гьесул инсул росулъ бан бахъана киналго хӏажаталщинал шартӏаздалъун хьезабураб спорткомплекс.\nСпорткомплекс базе байбихьарал тӏоцересел соназго абулеб букӏана UFC-ялъул турниралда цере сборал гьенирги тӏоритӏизе ругин абун. Дунялалдаго машгьураб ва гьабсагӏат бищун ссиялда бугеб, спортивияб гӏуцӏиялъул къецазда цересел ругьунлъаби Дагъистаналъул бищун рикӏкӏада, мугӏрул росулъ тӏоритӏизе рукӏин абураб хабаралъго батӏияб нур кьолеб буго гьелъие.\nЛъагӏалил хӏасилал гьаруна Ашахан Юсуповас"}
{"slug": "shhugo-sonal-gӏodana-hiriyab-rakalde-arazuh-balagun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=shhugo-sonal-gӏodana-hiriyab-rakalde-arazuh-balagun", "title": "Щуго соналъ гӏодана, хирияб ракьалде аразухъ балагьун", "date": "2026-01-04 16:00:17", "categories": ["insan"], "text": "83 сонил ригьалде яхарай Суайбат Карбахова ккола Гъуниб районалъул Бухтиса. Гьабсагӏаталда гьелъ гӏумру гьабулеб буго Санкт-Петербургалда. Ясалъул лъимал хьихьизеян арай гьей гьенийго хутӏана. 15 соналъ Питералда йигей Суайбат гьений машгьурлъана ригь аразда гьоркьор тӏоритӏулел батӏи-батӏиял спортивиял къецазул гӏахьалчӏужулъунги, къецазда кидаго бергьенлъи босулей спортсменкалъунги.\nДагьалъ цее Суайбатица гьабуна хирияб ракьалде сапарги. «Гӏумруялъулго кӏудияб анищ тӏубазе рес щведал, дун кутакалда талихӏай йиго. Жеги кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна дица сапаралда цадахъ лъикӏал гӏадамал ккей», — ян абуна гьелъ, гара-чӏвари гьабулаго.\nЩванищ,\nдадал Жавгьарат?\nБигьаяб букӏинчӏо С. Карбаховалъул гӏумру. «Эмен хвана машинаялъ аварияги гьабун. Дир букӏун батила 10 сон. Нижер букӏана щуго лъимер, кӏигоял — дидасаги гьитӏинал. Гьабсагӏаталда цо вацас гӏумру гьабула Москваялда. Эбел йикӏана кутакалда диналда тӏад чӏарай гӏадан. Гьей кколаан Гӏуриса Хӏусенил Мухӏамад-устарасул муридлъун. Рогьинегӏанги гӏибадаталда чӏолаан гьей, печалда цебе тӏамураб къохьол какикьтӏамалдаги кӏусун.\nЦо нухалда эбелалъ дида абуна, жий метер устарасухъе ине йигилан. Гьелъул магӏна букӏана, дица рукъалъул хӏалтӏи тӏубазе кколин абураб. Дица гьелда абуна, дуца динияб гӏелму балагьулаго, техникумги, институтги ва аспирантурагицин лъугӏизабунин, унгеян абун. Радал дун яхъинелде эбел ун ятана. Кӏиявго гьитӏинав вацги, хӏамагун бечеги — гьезул тӏалаб гьабизе кколей дунги. Школалдеги ине кколаан. Дида ракӏалде ккана: «Боцӏийищ гьекъелеб, васазе квенищ гьабилеб? Ицц букӏана рикӏкӏада. Гьенибе боцӏиги бачун ани, васал лъиде рехун телел? Иццухъа лъим баччизеги захӏмалъулаан гьитӏинай дие. Школалде кин иней?» — ян. Рес къотӏиялъ, гӏодойги чӏун, гӏодана дун», — ан бицана Суайбатица.\nРадал яхъун, Гӏурие арай С. Карбаховалъул эбел устарасухъе щун йиго бакъаниде. Гьениб батун буго Хӏусенил Мухӏамадихъе рачӏаразул халатаб ирга. Гьайги кӏусун йиго кьерда. Тӏаде чи ахӏулев чияс абун буго, Бухтиса Жавгьарат жание ахӏулей йигилан. Иргаялда чӏаразул гъулгъул бахъун буго, къоялъ балагьун чӏарал жалги тун, гьанжего гьанже ячӏарай гьей жание ахӏунилан. Жание лъугьиндал, устарас абун буго: «Щванищ, дадал Жавгьарат? Жакъаги мун гьание ячӏана, лъималги къварид гьарун. Тӏокӏалъ дихъе ячӏунге! Дуе кьолеб жо кинабго лъугӏун буго», — янги абун, къвалалгьечӏ гьабизе махмаралъул ххамги кьун, нахъе йитӏун йиго.\n«Рокъое ячӏиндал, гӏодойги чӏун, эбел гӏодана, мун сабаблъун, устарас жиндихъе ячӏине гьукъана диеянги абун. Лъабго къоялъ кваначӏо гьей, дилъги барщун», — ан ракӏалде щвезабуна Суайбатица.\nХалваталда чӏарав чи вукӏана гьелъул инсул эменги. «Тӏохдаса жанибе къваридаб каратӏ бугеб бакӏ букӏана гьесул. Гьенисан бегьулаан гьесухъе квен. 40 къоялъ гьенив чӏолаан кӏудада, канлъиго гьечӏеб бакӏалда», — ян абуна С. Карбаховалъ.\nГӏумрудул сухъмахъал\nГӏагараб росулъ анкьгосонилаб школаги лъугӏизабун, Суайбат йитӏана Хунзахъ хъаладухъ бугеб интернаталде. Гьенийги цӏалун, гьей ана Дагъистаналъул мединституталде лъугьинеян абун. Амма гӏурус мацӏалъул экзамен кьун бажаричӏо. Байбихьана Махӏачхъалаялъул Радиозаводалда хӏалтӏизе. Гьений хӏалтӏулаго, гьабизе ккана рекӏее операция. Ине ккана Москваялде — гьенибги Киевалдаги гурони, гьединал операциял гьарулароан доб заманалда. «Цӏакъ бокьулаан дие тохтурлъи. Амма икъбал ккечӏо. Кин бугониги, медицинаялъул тӏахьал цӏалула дица. Хъвалаан журналал, пайдаял малъа-хъваял ругел тӏанчал къотӏулаан диего. Жакъаги цӏунун руго дица гьел. Лъала хурдузул дараби гьаризе. Дицагоги гьел хӏалтӏизарула. Ковидалъул заманалда дир ясги гьелъул хъизамги унтана, дун унтичӏо — ражидул гьабураб дару хӏалтӏизабулеб букӏунха дица», — ян бицана Суайбатица.\nЦӏализе букӏараб гъира тезе ккана гьелъ. Росулъ лъималазул ах рагьидал, гьениса ахӏи бачӏана, тарбиячӏужулъун хӏалтӏизе ячӏаян. Доб заманалда школалдацин цӏализе ясал риччалароан ва 10 класс лъугӏарай Суайбат цӏакъ хӏажат йикӏана Гъуниб районалъул лъай кьеялъул нухмалъиялъе. Лъималазул ахалда хӏалтӏулаго, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталда заочно цӏалана гьей. Ана росасе, гьабуна лъабго лъимер (кӏиго ясги цо васги). Амма хъизамалъулаб талихӏ Аллагьас гьелъие кьечӏо. Лъабго лъимергун хутӏана гьей, росги хун.\nБетӏер хӏалтӏизабуни…\n20 соналъ тарбия кьуна С. Карбаховалъ росдал гьитӏичазе ва жеги 25 соналъ йикӏана лъималазул ахил заведующаялъун. 15 соналъ цебе, хӏалхьиялдеги ун, С. Карбахова гочана Санкт-Петербургалде. Гьениб байбихьана кӏиабилеб гӏумру — спорталда тӏадчӏей бугеб, Дагъистаналъул маданияб бечелъи цӏуниялъе квербакъулеб.\n«Байбихьуда ясалъул хъизамгун ниж рукӏана Сестрорецкалда. Хадубккун — щуго лъимер бугеб хъизамин абун — Санкт-Петербургалда рукъ кьуна ясалъе. Гьелъул лъималазул гӏадлуялда йикӏунаан дун. Цояв школалде, цогидав — секциялде, лъабабилев — кружокалде рачун ине кколаан. Хадуб гьел рокъоре рачунаан. Рукъалъул тӏалабги букӏинарищха», — ян бицана С. Карбаховалъ.\nПуланаб къоялъ рокъое ячӏунаго, Суайбатида йихьана тӏугьдул ричулей гӏурусай. Нусго гъурущги кьун, босана гьелъухъа ромашкабазул квацӏи. Жидерго азбаралде щведал, цоялъул лъабго квацӏиги гьабун, ричана тӏугьдул. Щвана 300 гъурущ. Щибаб къоялъ ричулаан гьалъ тӏугьдул, гӏурусазухъаги росун. Хадуб ракӏалде ккана: минаялда нахъа бугеб авлахъалда бокьанагӏан рижулел ругел тӏугьдул щай дица гӏарцухъ росулел? Ана гьение, ракӏарана тӏугьдул. Гьеб заманалде гьалъул бухьен букӏана тӏугьдул ричулел тукабазулгун. Росана гьениса квацӏиялда жемизе кагътал, гьеб берцин гьабулел хурдул. Ричулаан гьелъ кванилъ хӏалтӏизарулел хурдулги. Гьеб лъугьана Суайбатил тӏоцебесеб гьитӏинабго бизнесалъе байбихьилъун. Щибаб гъурущ нахъе лъолаан гьелъ, долларалъухъ, евроялъухъ хисун. Нахъе лъуна багьаял ганчӏал ругел месед-гӏарцул тӏагӏелалги. Дагь-дагьккун, ясалдасаги дурцасдасаги балъго, бакӏарана «капитал» ва босана тӏоцебесеб кӏиго рукъалъул квартира. Гьанже гьелъул кӏиго квартира буго Питералда. Васасулги ясалъулги ясазе гьелъ сайгъат гьаруна бриллиантазул комплектал.\nХадубккун, Санкт-Петербургалъул Маданияталъул минаялда хӏалтӏулаго, С. Карбаховалъ гьениб гӏуцӏана «Дагъистаналъул лезгинка» абураб лъималазул кьурдул ансамбль. Лъуна «Эбел», «Цыганазул кьурди» ва цогидал кьурдаби. «Дир цӏалдохъаби церерахъана Санкт-Петербургалъул Багӏараб залалда ва цогидал сценабазда. Диргоги буго лъабго батӏияб миллияб ратӏлил форма. Гьебги ретӏун, дагьалъ цебе Питералда букӏараб магӏарулазул берталъ кьурдизе яхъана дун. Цӏакъ бокьула нилъер ватӏан, бокьула дагъистаниязул маданияб ирс цӏуниялъулъ гӏахьаллъизе», — ян абуна гьелъ.\nАнсамблялъе нухмалъи гьаби гуребги, Суайбат хьвадула кверзул махщеллъиялъул кружоказде. Гьелъул устарлъиялъул тӏагӏелал чанцӏулго гӏахьаллъана Россиялъул халкъазул маданияб ирс цебелъурал выставкабазда ва мустахӏикълъана шапакъатазе.\nЦадахъ рукӏаразе кеп щвана спорталда щварал шапакъатазул хӏакъалъулъ гьелъ бициндал. «Иргадулаб нухалда спортивиял къецазда гӏахьаллъизе цӏар дирги хъвайилан ана дун Маданияталъул минаялъул жавабияв хӏалтӏухъанасда аскӏое. «Гӏела дуе! Цогидазеги гӏахьаллъизе бокьун буго. Амма сияхӏалда дур цӏар бихьани, гьез инкар гьабула, киналго призалъулал бакӏал Карбаховалъ «забронировать гьарун» ругинги абун», — ан абуна гьес. 45 соналъ лъай кьеялъул идараялда хӏалтӏаниги, грамотагӏанасеб шапакъат кьечӏо дие Дагъистаналда. Питералда дие щварал шапакъатал цӏакъ гӏемер руго», — ян бицана гьелъ.\nЭбелалъул дарсалги жакъасеб хӏакъикъатги\nГӏураб заман банин ватӏаналдаса рикӏкӏада, гӏагараб росулъе тӏадюссине ракӏалде кколарищан гьикъидал, гьадинаб жаваб кьуна Суайбат-кӏодоца: «Гъоркьиса щвана дун росулъе. Дир заманалъул чиго хутӏун гьечӏо гьенив. Рукъзал руго чӏунтулел, хурзал рекьулел гьечӏо. Дир буго сверун къараб ракьул 30 сотых. Гьениб чӏегӏергьоло, хъапустӏан, хилъало бекьулаан. Гьанже щибго бекьулеб гьечӏо. Гӏи-боцӏи хьихьуларо. Васас боцӏи хьихьула, риидал магӏарухъ вукӏуна гьев, хасало гӏатӏиракьалде гочуна. Росулъ йигей ясалъги дир хуралъул тӏалаб гьабуларо — жиндирго магӏишаталда йиго гьей. Цебе букӏараб жамагӏаталъул гӏумруги цебетӏамун, гӏодана дун.\nЩиб бугеб Дагъистаналда? Мажгитал ран руго, какде хьвадулел гӏадамал руго, амма ракӏбацӏцӏалъи хутӏун гьечӏо. Унтарав чиясе справка кьуралъухъ гӏарац босулеб буго. Дие гьеб бокьичӏо. Санкт-Петербургалда руго цӏакъ лъикӏал гӏадамал. Дун гӏадал херазул кутакалда адаб гьабула гьениб. Социалиял гьиназул цо чанго къокъаялда йиго дун, жидер гьаб-доб бугин, къваригӏарав чи гьечӏищан цӏехолдула гьенир гӏадамал. Гӏурусал ругониги, дурусал чагӏи руго.\nЯсалъул буго ункъо рукъалъул квартира. Цо рукъ дие кьун буго. Гьений йикӏуна дун, дирго вирдал гьарулей. Лъицаниги дие квалквалги гьабуларо», — ян.\nРакӏалде щвезаруна гьелъ эбелалъул дарсалги. «Хӏалаллъиги хӏарамлъиги лъималазда гьитӏинго бичӏчӏизабизе ккола. Чидар ясазда хъваге васал, хъизам гьабичӏого. Ясалги хъваге васазда. Жакъа нужеца, берцин бихьун, чидар хоно бикъани, метер нужеца хоногӏанасеб меседги бикъула. Гьедин куцана эбелалъ ниж. Школалдаса ниж рачӏунаан ракъун. Квен кьелелде цин как байилан абулаан эбелалъ. Гьедин куцаралъухъ эбелалъе кӏудияб баркала кьола дица жакъаги», — ян бицана гьелъ.\nГӏумраялде инелде черх лъадарана Суайбатица. Лъабго моцӏалъ цебе бох бекун букӏана гьелъул. Кӏиябго гӏансагун хьвадулей гьелда ракӏалде ккана гӏумраялде ине. Байбихьана, бохдул хӏалтӏизариялъул мурадалда, «Ци-гун» абулеб Китаялъул гимнастика гьабизе. Ахирги цояб гӏанса нахъе рехун бажарана гьелъухъа. «Хӏежалде, гӏумраялде арал гӏадамазухъ телефоналдасаги балагьун, щуго соналъ гӏодана дун, гьардарал гурищ гьал, хирияб ракьалде сапар гьабизе щваралан абун. Гьедигӏан гъира букӏана гьание ячӏине», — ян абуна кӏодоца.\nУнкъо чиясдаса гӏумраги гьабуна гьелъ, гьаб-доб унтулин, нужеда хадуй гъоларин абун, цадахъ ругезе зигардичӏого. Тукабазда тира-сверулеб мехалда Суайбат-кӏодоца гьабураб сальтоялъ хӏайран гьавурав тукенчияс сайгъат кьолаан гьелъие. Жигарай, рази-ракияй кӏодо нижее киназего йокьана. Киналго хӏикмалъана Хунзахъ интернаталда цӏалулеб заманалда жиндие тарбия кьурай педагог, Бакьайчӏиса Написат Гӏалибеговалдаса гӏумра гьелъ гьабидалги. «Гьелъул бетӏергьанчи Хӏайдар Гӏалихӏажиев вукӏана гӏалимчи-биолог. Бакьайчӏи букӏана гьезул кӏудияб минаги, 40 гъветӏ чӏараб ахги. Берцинаб бакӏ букӏана гьезул. Хадурккун Махӏачхъалаялде гочана гьел. Гьезул лъимал рукӏинчӏо. Росулъ хӏалтӏулеб заманалда дун гӏемер щолаан гьелъухъе. Нолъ макьилъ гьей гӏодулей йихьана дида ва ракӏалде ккана гьелъул рухӏ бохизе гьелдасаги гӏумра гьабизе», — ян бицана Суайбат-кӏодоца.\nКАВСАРАТ СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "hiama-gechiogo-hutiiyaldasa-giaka-gechiogo-rukiingo-liki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hiama-gechiogo-hutiiyaldasa-giaka-gechiogo-rukiingo-liki", "title": "«Хӏама гьечӏого хутӏиялдаса гӏака гьечӏого рукӏинго лъикӏ»", "date": "2026-01-08 14:54:27", "categories": ["magiarukh"], "text": "Церегӏан соназда инсанасул магӏишатияб рахъ цебетӏеялъулъ хӏама букӏана кӏудияб кӏваралъул хӏайван. Согӏаб тӏабигӏаталъул, къваридал сухъмахъазул, кинабго жо мугъалъ баччун магӏишат гьабизе кколел мугӏрузул росабалъ инсанасе тӏоцебе кумекалъе батулеб хӏайван букӏана хӏама. Сиратӏалъул кьо гӏадал мугӏрузул сухъмахъазда хӏамица баччулаан чоца босулелдаса кӏиго нухалъ цӏикӏкӏараб бакӏлъи. Хӏамида рекӏун унаан магӏардеги гӏурухъеги.\nДиниял гӏадатазда «цӏадал хӏама» букӏана ракъдалал соназда цӏад гьариялъул тадбиразул аслияб бахӏарчи.\nКӏудияб кӏваралъул хӏайван букӏаниги, «хӏамие дару-тӏил» абун, гӏемерисез хӏамил къимат гьабулароан, толароан гьеб хӏалхьиялда ва щолароан гьелъие рукъалъул хӏайваназдаса гъоркь хутӏараб гурони квен-хер.\nВукӏана «хӏайваназул тушман» абун тӏокӏцӏар лъурав Гӏусман абулев чи. Лъабрикьуде щведал, гьесул хӏама, кьуричӏого, унеб рахъ бихьизабизегӏан эхетун чӏолаан. Гьелда лъалаан, мекъи ани, хважаинас жиб тӏилаца бухулеблъи.\nКигӏан буханиги, хӏухьбахъичӏого, свакараб хӏама цо бакӏалдаса кьуруларо. Свакачӏеб хӏама, лъалхъичӏого, уне-унеб букӏуна. Хӏамица бигьаго ва гӏемер мехалъ хӏехьола ракъиги къечги, кваналеб жоялдеги гьелъул кинабгӏаги чӏухӏи букӏунаро.\nХӏамузул тарих\nХӏамузул умумул ккола Африкаялъул гӏалхул хӏамул. Тӏоцебе хӏама рукъалъулаблъун гьабуна Некӏсияб Египеталда, гӏага-шагарго 5000-6000 соналъ цебе. Европаялде гьеб щвана нилъер гӏасруялде щвелалде кӏиазарабилел соназда. Хӏама ккола тӏоцебе некӏсияв инсанас юк баччизе ругьун гьабураб хӏайван. Нилъер росабалъго гӏадин, Египеталда хӏамуца рекьулаан хурзал, тӏамулаан лал, баччулаан юк, чуял унарел бакӏазда рекӏунаан гьезда. Хӏамил мугъалъ баччулаан Египеталъул армиялъе хӏажатабщинаб жо, хӏатта аскариязул хазина.\nЦоги жоялъул бицун щай, цо-цо бакӏазда хӏама ругьун гьабулаан кулабазда жанавараздаса гӏи-боцӏи цӏунизе.\nНекӏо хъахӏаб хӏама рикӏкӏунаан батӏияб-тӏокӏаб хӏайванлъун, гьелда рекӏине изну букӏунаан гӏицӏго ханзабазул, хункаразул ва диналъул церехъабазул.\nХӏама кӏодо гьабулелги руго\nЕгипеталъул гробницабазда фараоналгун рукъулаан хӏамул, ай хӏамул ахираталде унаан цӏакъ къадруял чагӏазда цадахъ.\nНилъер заманалда хӏамил сурат буго Норвегиялъул Осло ва Россиялъул Старый Осёл шагьаразул гербазда. Америкаялъул демократазул партиялъ жидерго хасаб гӏаламатлъун гьабун буго хӏама, хӏалтӏи ва гӏумру бокьиялъул мисал абун.\n«Монумент осла» абун, хӏамие памятник лъун буго Китаялъул цо зоопаркалда. Гьединго цӏул тӏад къараб хӏамил мазгаралъул памятник буго Босни ва Герцеговинаялъул Мостар шагьаралъул базаралда аскӏоб. Москваялда буго Малла Насрудиние ва гьесул хӏамие бараб памятник. Хӏамие памятник бан буго Крымалъул Залесное росулъги.\nХӏамил рахь – лъикӏаб дару\nЦо-цо регионазда хӏамул хьихьула, гӏачияздасаго гӏадин, рахь бечӏчӏизе.\nБиценалда рекъон, Египеталъул хан Клеопатраца радал бетӏер «къачӏалеб» букӏун буго гӏицӏго хӏамил цӏекӏаб рахь гьекъон, гьединго гӏолохъанлъизеян гьей чвердолей йикӏун йиго хӏамил рахьдал ваннаялъуй.\nНекӏо заманалдаса нахъего хӏамил рахь хӏалтӏизабула медицинаялъул ва косметикаялъул мурадазда. Масала, Гиппократица гьеб гьекъезе кьолаан рахунел, загьру ккеялъул ва сириялъул унтаби ругел чагӏазе. XХӀ гӏасруялда аслияб куцалда хӏамил рахьдадаса пайда босула сапун ва кремал гьариялъе.\nХӏамил къадру хвана\nРосабалъ машинаби гӏемерлъанагӏан, дагьлъана хӏамузул къадар ва хвана хӏама-хьваниялъул къадру.\nДагъистаналда, дагь-дагьккун, дагьлъулел руго хӏамул, хӏинкъи буго гьел тӏуранго тӏагӏиналда. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьал тарихаз: 2014 соналда республикаялда букӏана 10940 хӏама, 2015 — 9570, 2020 соналда 8109, 2025 соналда хутӏун буго гӏицӏго 4500 хӏама.\nЦоги мисал, дун хӏамулгун иргаялда унел соназда Гьентӏа росдал хӏамузул рохьдолъ букӏунаан 70-80 хӏама, жакъа нижер росулъ хутӏун буго кӏиго хӏама.\nКъокъал хӏужаби ва баянал\nДунялалда тӏад буго кинабниги 53 миллион хӏама, гьездаса Россиялда буго гӏицӏго — 6000 бетӏер. Бищунго гӏемерал хӏамул руго Эфиопиялда — 11 миллионалдасаги цӏикӏкӏун.\nХӏамул рикӏкӏуна хӏайваназда гьоркьор бищун гӏумру халаталлъун. Гьоркьохъеб хӏисабалда хӏамица бала 45-50 сон.\nКъокъаб манзилалда хӏама бекерула сагӏаталда жаниб 70-75 километралъул хехлъиялда.\nХӏамил руго цӏакъ цӏодорал, хехго сас-гьаракь рагӏулел чӏахӏиял гӏундул.\nХӏама нахъгӏунтӏула ракь багъари, ракь ччукӏи ва гӏазу тӏей гӏадал балагьал гӏагарлъулел рукӏиналда.\nХӏама ккола цӏакъ къуватаб ва, хӏаталдаса ун, къохӏехьолеб хӏайван. Кӏудияб манзилалда гьелъ баччула жиндирго цӏайиялъул 65 проценталда бащадаб бакӏлъиялъул юк.\nТӏоцебе кумекалъе батулаан\nДун гьитӏинаб мехалда, ихдал, гӏазу бииналде данде, кинацаго хӏамуца хурзабахъе рак баччулаан. Хурзал рекьулаго, хӏамузда лъун, хурзабахъе босулаан пуруц – рукьги, хьонги, квенги.\nРекьи лъугӏарабго, халатаб къокъа букӏунаан, цере гъун хӏамулгун, цӏулада хадур рохьоре унел чагӏазул.\nХаслихъе абуни, тӏад гӏемераб хер къаялъ, хӏамул рихьулароан. Хасалоги щолароан гьезие хӏалхьи — корохъе мугь, гьабихъа ханжу, иццухъа лъим, гьоцӏибе тӏощел, гьоробе накку баччулаго.\nАраб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда кьурда тӏад букӏараб нижер росу магъилъе бахъана. Гьенир минаби разе кинабго гамачӏги, цӏулги, ракьги баччана хӏамил мугъалъ. Гьелъ абурал ратила гьал рагӏаби: «Хӏама гьечӏого хутӏиялдаса, гӏака гьечӏого рукӏинго лъикӏ», — ан.\nХӏамил кьолода гӏащтӏиги къан, тӏоцеве инсуца цӏуладе рохьове витӏараб къоялъ дун вукӏана анлъабилеб классалде вахъарав чи. Классаз эхеде вахъанагӏан цӏикӏкӏунаан цӏуладе рачине дида цере гъолел рукӏарал хӏамузул къадар.\nДир пикруялда, нус-нус соназ мугъ хвезегӏан, инсанасе хӏалтӏараб, хасго магӏарул росабазул гӏадамазул къеч хьвазабураб хӏама мустахӏикъаб буго нилъер щибаб шагьаралда ва районалда, памятник лъун, кӏодо гьабизе. Гьайгьай, гьеб памятник букӏина умумузул гӏумру-магӏишат ракӏалде щвезабиялъул нугӏ ва нилъер тарихалъул цо бутӏа кӏочон течӏого букӏиналъе нахъе толеб лъалкӏ.\nНури Нуриев"}
{"slug": "bihinchi-bihinchilun-vugoni-chiuzhugiadangi-chiuzhugiadanlun-jikiuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bihinchi-bihinchilun-vugoni-chiuzhugiadangi-chiuzhugiadanlun-jikiuna", "title": "Бихьинчи бихьинчилъун вугони, чӏужугӏаданги чӏужугӏаданлъун йикӏуна", "date": "2026-01-18 10:56:29", "categories": ["obshestvo", "sotsialiyab-giumru", "tsiekh-rekh"], "text": "Жакъа Дагъистаналда ригьин биххи лъугьун буго гӏадатияб ишлъун. Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда риххулел хъизамазул къадар соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго. Масала, гъоркьиса ноябрь-декабрь моцӏазда жаниб Дагъистаналда гьабун буго 1011 ригьин, гьебго заманалда биххун буго 451-яб. 10 соналъ цебе ригьиназул 20 процент гурони биххулеб букӏун батичӏони, жакъа гьезул къадар 30 проценталдасаги цӏикӏкӏун буго.\nХъизамал риххиялъе ругел гӏиллабазул бицунаго, Махӏачхъалаялъул ЗАГСалъул хӏалтӏухъаналъ абуна: «Ригьин биххеян, гӏарза кьезе рачӏунел чагӏазул гӏемерисез абула, гьелъие гӏайибиял кколин цересел гӏагарал чагӏи ва улбул хъизамазул гӏумруялде гьоркьоре лъугьин», — ан.\nГьаб масъалаялда тӏасан нижеца гара-чӏвари гьабуна мисалиял хъизамал ругел цо-цоязулгун ва гьезие кьуна гьадинал суалал:\n1. Нужер росулъ гӏемерлъун бугищ ратӏалъулел хъизамазул къадар?\n2. Гьелъие гӏилла щиб?\n3. Ригьинал риххи дагь ва хъизамал щула гьариялъе щиб гьабизе кколеб?\nХӏабибулаева Наира, ДРялъул халкъияй актриса:\n— Гьаб масъалаялда тӏасан лъурал спектаклязда дица гӏемерал ролал хӏана. Масала, «Мун йиго дир эбел», «Росулъ ккараб кепаб иш» гӏадал.\nМагӏарухъ гӏурал ва гьениб тарбия щварал гӏолохъаби гӏемер ратӏалъуларо. Ратӏалъула шагьаралъул «тарбия» щварал, ай эбел-инсуца рукъзалги къайиги кьун, гьезда тӏадаб хӏалтӏи улбуца гьабун, гогьдаризарурал ясал, ццулъизарурал васал. Дица абила, лъималазе рукъзалги къайиги кьогеян, биччанте, кӏиябго бетӏерги ункъабго кверги хӏалтӏун, захӏмат бихьун, гьез жидеего магӏишат гӏуцӏизе. Лъималазе магӏишат улбуз гьабуна, гӏолохъанал рос-лъади эркенго, кепалда тана ва гьедин эркенго тараз хӏехьоларо мугъалда чӏвараб гӏумрудул гьогьоми ва ратӏалъула.\nНижер рокъоб кидаго букӏана кьварараб низам: хинкӏ кодоб кквезе гӏураб лъимер тӏамулаан кӏиго хинкӏил багьаяб хӏалтӏи гьабизе. Нижер кӏудадаца малъулаан, анлъго-анкьго сон барай яс хӏалтӏи гьечӏого тезе бегьуларин абун. Баччизе кколареб цӏул баччизе, бухъизе кколареб ракь бухъизе тӏамеян. Шагьаралда васазе кидаго гьабизе хӏалтӏи букӏунаро, гьединлъидал, анлъго-анкьго сон баралдаса нахъе васал спортзалаздаса къватӏире рахъине риччазе бегьуларо. Эбел-эмен ратӏалъана — лъимадул талихӏ къана. Улбул чӏаго рукӏаго бесдаллъараб лъимер, гӏемерисеб мехалда, кӏудиял умумузул къайимлъиялде ккола. Гьезул гурхӏелалъ, гьез хьихьиялъ, гогьдаризабиялъул хӏасилалда лъимер лъугьуна цохӏо напсияб мунпагӏаталъе хӏалтӏулеблъун.\nКӏиго вас гӏезавуна, гьезие рокьарал ясал рачана, амма цонигиясе рукъзал кьечӏо. Гьезул хъизаназдасаги чӏара-хьараб магӏишатаздасаги ниж рази руго.\nСайпудинова Изахӏат, Авар театралъул литературияб бутӏаялъул заведующая:\n— Васасе лъади яче лъидаго цӏехечӏого, росасе яс кье тухумалдаги дандбанилан малъулаан умумуз. Гьеб гӏадат тӏубанго тарихалде ана. Жакъа мискинчиясеги бокьулеб буго бечедав, машгьурав чиясул яс васасе ячине.\nГьереси щай, диеги бокьун букӏана васазе магӏарул гӏадатги, гӏамалги, мацӏги лъалел ясал рачине. Амма васаз жидеего бокьарал ясал рачана, кӏудияс — гӏурусай, гьитӏинас — мулатка. Берцинал хъизамал руго. Дие бокьарал ясал рачун рукӏаралани, гьезул иш данде ккечӏого букӏинеги бегьулаан. Хӏалица данде гьарурал хъизамазул гӏемерисел риххула.\nГӏабдугъапуров Хӏайбула, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, ДРялъул халкъияв артист, режиссер:\n— Дир гӏумруялда жаниб гьалдаса гӏадлу хвараб заман киданиги букӏинчӏо. Жакъасел гӏолилазда лъаларо цебе кигӏан лъикӏ букӏарабали.\nХӏайваназулго гӏадин, гӏадамазулги рукӏуна тайпаби. Билълъанхъулагоги лъалин лъикӏ боржунеб хӏинчӏилан абухъе, тухум-кьибилалъулги буго гьебго къагӏида. Аслияб къагӏидаялда цебе ригьин гьабулаан лъалел, къадру бащадал чагӏазул лъималазда гьоркьоб. Жакъа абуни, ригьин гьабулеб буго бечелъи, хъулухъ цӏехон. Масала, бечелъиялде бер щун, ячана васасе бечедав чиясул яс. Кьарияб гьанги, чӏахӏиял хинкӏалги квине щвейищха гӏумруялъул аслияб мурад, магӏна? Бечедаб хъизамалда мискинав дурцас хӏехьезе ккола вакьадасул чӏухӏараб рагӏиги, якьадалъул тӏалабалги, лъадул гогьдариги, къокъго абуни, вас ккола бокьун босараб лагълъиялде.\nГӏолохъанал улбузда дица абила, гьарураб къоялдаса нахъе лъималазда бице хъизам гӏуцӏи захӏматаб масъала кколеблъи ва хъизамалъул талихӏ букӏунеблъи гьелъул захӏматалда бараб. Ригьин гьабилалде чара гьечӏого бихьинчиясе къваригӏуна я камилаб лъай, яги кверзул махщел.\nАллагьас чӏужугӏадан ракьалде йитӏун йиго наслу гӏезабизе. Гьединлъидал, лъай-махщел гуребги, букӏинесеб лъимер сахаб букӏиналъул мурадалда, гьелъ цӏунизе ккола жиндирго чорхол сахлъи.\nДица чара гьечӏеллъун рикӏкӏуна советияб заманалда радио-телевидениялдасан гӏолилазе кьолел рукӏарал лъикӏал, мисалиял хъизамазул хӏакъалъулъ бицунел передачаби цӏигьари.\nГьитӏиномухӏамадов Хӏусен, «Азия» турфирмаялъул директор:\n— Къайи-свери цӏуниялъул жавабияйлъун йикӏарай чӏужугӏаданалъе щун буго бокьа-бокьараб гьабизе эркенлъи. Гьайгьай, гьелъие гӏайибияблъун ккола, тӏоцебесеб иргаялда, телефон. Цоги жоялъул бицун щай, гӏолилал ясазе мисаллъун лъугьунеб буго, магӏарул хасияталда, гӏадат-гӏамалалда дандекколареб, гьенисан бихьизабулеб къабихӏаб, хъубаб жо. Гьеб ккола улбузухъги, вацазухъги, россабазухъги ясал ва лъудби гӏенеккичӏого рукӏиналъе бугеб цо гӏилла. Жакъа хъизам-лъимал гуреб, гӏарац, хъулухъ буго гӏолилазда цебечӏараб аслияб масъала.\nНижеца бицунеб масъалаялъухъ гӏенеккарав Хӏусенил вас Гӏабдулаеги бокьана жиндирго пикру загьир гьабизе:\n— Къуръаналъул аятазда гӏадин, гӏолилал божулел руго телевизоралда рихьизарулел къваригӏел гьечӏел жалазда, гьездаса босулеб буго мисал. Исламиял гӏалимзабаз абула, бихьинчи бихьинчилъун вугони, чӏужугӏаданги чӏужугӏаданлъун йикӏунилан. Бихьинчияс жиндаго тӏадаб иш гьабулеб гьечӏони, чӏужугӏаданалъ гьеб жиндего тӏаде босизе ккола.\nЖакъа цо-цо бихьиназда батун буго бигьаяб нух, лъудбиги хӏалтӏизе тӏамун, гьез тӏаса бищула рега-рахъун, квана-гьекъон, рахӏаталда гӏумру тӏами. Кинаб къадру букӏинеб хъизамалда хӏалтӏуларев, ай лъадиги лъималги хьихьуларев росасул? Лъие къваригӏараб хоно гьабулареб гӏанкӏу ва гӏункӏкӏ кколареб кету? Руччабаз гьединал россаби хӏехьоларо ва хӏасил ккола цо: риххарал хъизамал, бесдаллъарал лъимал.\nМухӏидинов Мухӏамад, ДГПУялъул математикаялъул кафедраялъул доцент, педагогиял гӏелмабазул кандидат:\n— Жакъа руччабазе бихьиназдаса къваригӏараб жо дагьаб буго. Лъадул буго мина-рукъ, машина, хӏалтӏи, гьелъие щолеб буго росасдаса цӏикӏкӏараб харж. Гьединлъидал гьелъ росасе лъикӏабги бицунаро.\nБокьа-бокьараб гьабун, эбел-инсуца лъимал гогьдаризарула, гьезие чӏезабула къваригӏунебги къваригӏунаребги. Къанагӏалъун руго, хъизамги хьихьун, лъималазе гӏадлу кьун бажарулел унго-унгоял бихьинал. Цебе нилъер умумуз чияр лъималазеги гӏадлу кьолаан, жакъа нилъеда кӏолеб гьечӏо нилъерго лъималазе гӏадлу гьабизе.\nКколеб куцалъ дирго хъизамалда жаниб гӏадлу-низам гьабун бажарулеб гьечӏони, гьеб сурукъаб ахӏвал-хӏал битӏизабизеян, дица кинаб гӏакълу кьелеб? Дида лъалел гӏемерал хъизамал руго, рос-лъадул кӏудияб дандеккунгутӏи бугониги, лъималазе гӏоло абун, риххичӏого чӏарал. Битӏун гьабулеб буго гьез, эбел-эмен ратӏалъани, лъималазул талихӏ къуна.\nАбула, жугьутӏазул хъизамал бищунго щулиял рукӏунин. Гьаб масъалаялда хурхун, дандекквеялъе букӏине, нижеца гара-чӏвари гьабуна жугьутӏ миллаталъул пуланав чиясулгунги. Гьев ккола Александр Назаров, Халкъияб магӏишаталъул институталъул математикаялъул кафедраялъул доцент:\n— Цоги миллатазул хъизамазда дандеккун, Дагъистаналъул жугьутӏаз жеги цӏикӏкӏун хӏехьана хъизамазул талихӏкъосин. Гӏилла, СССР биххун хадуб Дагъистаналда хутӏичӏо жугьутӏазул диаспора, гьелдалъун хвана нижер хъизамалъулал гӏадатал. Гьанир жугьутӏал дагьлъун рукӏиналъ, рес кколеб гьечӏо васазе нижерго миллаталъул ясал рачине. Рачине кколел руго батӏиял миллатазул, ай батӏиял гӏадатазул, батӏияб диналъул, батӏияб мацӏалъул, батӏияб гӏамал-хасияталъул ясал. Гӏемерисеб мехалда гьединал хъизамал щулиял рукӏунаро.\nГӏизраилалда къанагӏат рукӏуна Дагъистаналда гӏадал хъизамал, гьенир гӏемерисел хъизамал рукӏуна Европаялъул улкабазда гӏадал, ай гражданлъиялъулаб ригьнада, цадахъ гӏумру гьабулел.\nЖугьутӏазул кидаго букӏана щулияб хъизам, ригьин биххи рикӏкӏунаан гӏорхъолъа борчӏараб ишлъун. Гьелъие аслияб гӏиллаги букӏана чӏахӏиялги, лъималги, гьезул лъималги цадахъ цо рокъор гӏумру гьабун рукӏин. Жакъа жугьутӏазул гӏемерисел хъизамал руго тӏурачӏел, ай кӏудиял умумул цадахъ гьечӏел, хъизамалъул гӏадатал цӏунуларел, гьединлъидал хъизамал риххиги лъугьун буго гӏадатияб ишлъун.\nБитӏараб тарбия кьеялъул кинабго иш бараб букӏуна лъикӏал мисалазда. Кӏудиял умумуз, жидерго мисалаздалъун, лъималазеги гьезул лъималазеги кьолаан камилаб тарбия.\nХӏукуматалъул гӏуцӏи хисиялдалъун, хисана хъизамалъулаб идеология. Жакъа нилъее бищун аслияб жолъун лъугьун буго бечелъи. Гьединлъидал жакъа лъималазе жидерго улбуздаса мисалалъе босизе пайдаяб жо дагьаб буго.\nДир пикруялда, хъизамал риххи дагь гьабиялъул мурадалда чара гьечӏеблъун ккола миллатазул нус-нус соназ хӏалбихьарал умумузул гӏадатал цӏигьари ва гьездаса пайда боси. Цо пуланав гӏакъилас малъухъе, лъимералъе тарбия кьезе байбихьизе ккола гьеб кинида бугеб мехалдаса байбихьун.\nШехмухӏамадов Мухӏамад, Тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, квералъ хъварал исламиял тӏахьазул фондалъул заведующий:\n— Хӏалалал жалазда гьоркьоб Аллагьасе бищунго рихараблъун ккола ригьин биххи, цӏар тӏамиян абулеб аварагасул хӏадисалъ жанибе бачуна гьеб масъала. Амма, кинго дандекколел гьечӏони, росасул ихтияр буго цӏар тӏамизе. Дида халлъараб хӏужа ккола, гьоркьор лъимал рукӏаго риххаразул лъималазул гӏумру букӏуна талихӏкъараб. Амма эбел-эмен хун хутӏарал лъималазул цонигияв гӏадада холаро, дунялалъул рокъов гьезул цонигияв хутӏуларо жиндиего нух батичӏев, гӏадамалъе вахъинчӏев. Гьезда хадуб Халикъасул букӏуна хасаб бербалагьи.\nШколалъул аслияб ишлъун дица рикӏкӏуна, лъай кьей гуреб, лъималазе битӏараб тарбия кьей. Масала, аслияб куцалда нижехъе мадрасаялде рачӏуна цӏалиги гӏадлуги гьечӏел, хадув чӏезе чи гьечӏолъиялъ, гӏадада хвеялда хӏинкъи бугел лъимал. Гьениб кьураб исламияб тарбиялъул хӏасилалда, гьезул рахъуна лъикӏал гӏадамал, пайдаял чагӏи.\nЦебе росулъ ригьин биххи рикӏкӏунаан рогьо-ничлъун, гӏорхъолъа араб ишлъун, жакъа нилъ гьелда ругьунлъун руго.\nУчителасул махщалил къимат гьабулеб гьечӏолъиялъги, васазе кьварараб тарбия кьезе школазда бихьинал хутӏунгутӏиялъги захӏмалъизабулеб буго гьеб масъала.\nЦоги, жакъа лъималазе хъизамал гьарулел чагӏи ккола араб гӏасруялъул 90-абилел соназда тарбия щварал гӏадамал. Жидерго гьечӏеб лъайги, гӏакълуги, тадбирги гьез кин кьелеб жидерго лъималазе?\nЛъималазе исламияб тарбия кьуни гурони, хъизамалда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏал лъикӏаб рахъалде хисизабиялъе батӏияб нух дида бихьуларо.\nЦебе щибаб росулъ букӏунаан хъизамазда хадуб херазул халкквей, ай хъизамазул киналго масъалаби тӏуразарулаан къадруял харабаз. Гьеб къагӏидаги тарихалде ана, цебе гӏадаб къадру херазулги гьечӏо, гьезухъ гӏенеккулел чагӏиги дагьлъун руго.\nРигьин гьабулеб буго лъидаго дандбачӏого. Аварагасул хӏадисалда буго: «Бихьинчияс лъади ячуна ункъо мурад тӏубаялъе гӏоло: берцинлъиялъе, бечелъиялъе, тухум-кьибилалъе ва диналъе гӏоло. Амма талихӏ дуе ункъабилелъ гурони кьоларо», — ян. Жакъа абуни, гӏемерисеб мехалда ригьин гьабулеб буго цебесеб лъабабго мурад тӏубаялъе гӏоло.\nИсламиял пачалихъазда гьечӏо хъизамал риххиялъул Европаялда ва Россиялда гӏадаб масъала. Аварагас абун буго: «Динги бугев, нужер тӏабигӏат-хасияталда данде кколев чи яс гьарун вачӏани, сундухъго балагьичӏого, гьесие яс кье. Кьечӏони, пасалъи тӏибитӏизе буго», — ян.\nЯсалъул талихӏ букӏуна, бечедасда аскӏоб гуреб, иман-яхӏ бугев чиясул рокъоб.\nМухӏамадов Гӏабдула, РФялъул Художниказул союзалъул член:\n— Гьелъие ругел гӏиллаби ккола: бечелъи бокьи, хӏалтӏизе бокьунгутӏи, хъизамалъул жавабчилъи жидедаго тӏаде босизе бажарунгутӏи, лъималазул пособиеги кванан, вега-вахъун кепалда гӏумру тӏамизе бокьи.\nРигьин биххуларо хъизамалъул жавабчилъиги квен-тӏехалдалъун гьеб хьезабиги росас жиндего тӏаде босулеб бугони. Росулъ гӏемерлъун руго, жидерго хъизамалги рехун тун, цереса цере унел гӏолохъаби. Гьединго росулъ дагьлъун руго, гурун рукьабигун, магӏишат гӏуцӏулел гӏолохъаби. Чӏам-чӏам гьечӏони, дам-дамги, щулияб хъизамги букӏунаро.\nБечелъиялда, хӏатта жиндие къваригӏинчӏеб жоялда хадув векерулаго, росасул заман гӏолеб гьечӏо лъадул масъалабазде кӏварги лъималазе тарбияги кьезе.\nХадурагӏи\nБихьулеб букӏахъе, кьучӏдасанго хисулел руго магӏарулазул хъизамалъулал гӏадатал. Тарихалде ана, магӏарул къагӏидаялъ васасе лъади ячунеб ва яс росасе кьолеб гӏадат. Кӏудияб дарамалде ритӏиялъул суал чара гьечӏого лъималазда гьикъизе, дандбазе ккела. Амма, хъизам гьабун хадуб, вас гогьдаризе, яс кӏичӏардизе лъугьани, эбелалъ гуреб, инсуца тӏил кодобе босизе ккола.\nХӏурматиял цӏалдолел, бокьилаан лъазе гьаб масъалаялда тӏасан нуже-нужерги пикраби.\nИсана «Хӏакъикъаталъ» рагьулеб буго «Щулияб хъизам — талихӏалъул кьучӏ» абураб рубрика. Мисалаздалъун бицина гӏадилал хъизамазул, цоцалъ рекъарал рос-лъадул ва, гьез тарбия кьун, лъикӏал гӏадамаллъун лъугьарал лъималазул. Амма, нужер кумек щвечӏони, гьеб ишалъул хӏасил кколаро. Божи буго, «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабаз гьаниб жигараб гӏахьаллъи гьабилин абураб. Хъвай нижехъе росабалъ, шагьаразда, мадугьалихъ, хӏалтӏуда цадахъ ругел, цогидаз жидедаса мисал босизе мустахӏикъал хъизамазул хӏакъалъулъ. Бице хъизамал риххиялъе кколел ругел гӏиллабазул ва хъизамал цӏуниялъе гьаризе бегьулел ишазул хӏакъалъулъ.\nНУРИ НУРИЕВ"}
{"slug": "gieti-tiun-giezaburab-girayalda-kvanala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gieti-tiun-giezaburab-girayalda-kvanala", "title": "Гӏетӏ тӏун гӏезабураб гъираялда кванала", "date": "2026-01-20 09:56:00", "categories": ["magiarukh", "rosdal-magiishat"], "text": "Россиялъул ВВПялда (лъагӏалида жаниб къватӏибе биччараб кинабго продукциялъул, гӏезарурал ва къачӏарал нигӏматазул, гьабураб даран-базаралъул гӏаммаб багьа) аграрияб магӏишаталъ ккола 10-гӏанасеб процент. Дагъистаналда гьеб процент буго кӏиго нухалъ цӏикӏкӏараб — республикаялъул экономикаялда росдал магӏишаталъ ккола щуйил бутӏа.\nТӏолабго Россиялда 2025 соналда росдал магӏишаталъул продукция цӏикӏкӏана 3,3 проценталъ, Дагъистаналда – 2,5 проценталъ, гьелъул багьа бахана 276 млрд гъурщиде. Тарихазул гӏемер хӏисаб гьабичӏониги, нилъеда лъикӏ лъала регионалъе гьелъул бугеб кӏвар, кколеб бакӏ — гьеб буго нилъер аслу, нилъеда гъорлъ бессараб, нилъее хасиятаб хӏалтӏи.\nНилъее гӏоларо могьолал культураби, цӏакъго щакаб жо буго гьезул рахъалъ хадубккунги нилъго нилъецаго хьезаризе кӏвей. Нилъ бергьунел, «байрахъ» нилъехъ бугел рахъал ккола гӏи-боцӏухъанлъи, цӏолбохъанлъи, пихъ-овощал ва пиринчӏ гӏезаби.\nГӏи-боцӏи\nОфициалиял баяназда рекъон (гьезда сверухъ гӏезегӏан рукӏана ва жакъаги камуларо батӏи-батӏиял бахӏсал), гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 4,7 миллион бетӏер гӏи-цӏцӏаназул (РФялдаго бугелъул 22 процент) ва 950 азарго бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьездаса 486 азарго ккола гӏака) — тӏолабго Россиялда буго гьезул 18 миллион бетӏер.\nЦӏолбохъанлъи\n2025 соналда республикаялда бакӏарана 302,1 азарго тонна цӏолбол (2024 соналда бакӏарун букӏана 301 азарго тонна). Гьелъул 241 азарго тонна къачӏана нилъерго гьаниб. Исана цӏолбол ахал гьаризе руго жеги 800 гектаралда. Гьелъие 2025 соналда республикаялъул питомниказда гӏезабуна 8,1 миллион саженец, гьезул 1,5 миллион битӏана Краснодар краялде ва Крымалде. СВО байбихьизегӏан ахӏвал-хӏал букӏана гьелъул гӏаксалда — гӏемерисел саженцал нилъеца росулаан къватӏисел пачалихъаздаса ва цогидал регионаздаса.\nПиринчӏ\nАхирал соназда лъикӏаб туркӏи щвараб гьеб нигӏмат хьараб гӏатӏилъиги дагьлъана гъоркьиса, гӏодобе ккана бакӏарараб тӏощалил къадарги. Тӏолабго Россиялда — 9 проценталъ.\n2024 соналда Дагъистаналда гьеб хьан букӏана 34,7 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана цебехун киданиги букӏинчӏеб къадар — 165 азарго тонна. Гьеб ккола Краснодаралдаса хадуб кӏиабилеб бакӏ (доба бакӏарула 800 азарго тонна).\nГъоркьиса нилъер гьаниб гьеб хьана 25 азарго гектаралда (гьелъулцин цо бутӏа бакӏаричӏого тана цо-цо магӏишатаз) ва гьениса щвана 120 азаргогӏанасеб тонна пиринчӏалъул. Гьединаб хӏасил ккеялъе буго чанго гӏилла: лъел къварилъи, техника, цӏатари, запчастал ва гь. ц. цӏакъго хиралъи ва гьезул даража хвей. Амма аслияб гӏиллалъун ккола пиринчӏалъул багьа гӏодобе ккей — жеги бацӏцӏад гьабичӏеб, хъал бахъичӏеб гьеб (сырец) магӏишатазухъа босулеб буго 7-8 гъурщиде кило хӏисаб гьабун. Гьеб багьаялде гьебги бичун хӏалтӏиялъул кинабгӏаги мунпагӏат гьечӏо магӏишатазе. Къунцӏараб квасул рахъалъ ахирал соназда букӏана ва буго гьединабго масъала, гьанже ирга щвана пиринчӏалдеги. Батизе ккола гьеб масъала тӏубаялъе рес, гурони цо-кӏиго соналда жаниб цӏакъго нахъе ккезе буго пиринчӏ бекьиялъул суал. Гьелъ хадур цӏала мелиорациялъул, ракь лъикӏ гьабиялъул, къачӏаялъул гӏемерал цогидалги суалалгун масъалаби.\nЦӏоросаролъ\nГьеб хьан букӏана 12,1 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана 51,1 азарго тонна (цебесеб соналдаса 4,9 проценталъ цӏикӏкӏун). Бакӏарана ункъазаргогӏанасеб тонна бакъдебуссалъулги, цебесеб соналъ бакӏарун букӏана 3,6 азарго тонна.\nПихъгун овощал\nДагъистаналда буго ахазул 30 азарго гектар, гьездаса 6,5 азарго гектаралда цӏиял ахал чӏана ахираб щуго соналда жаниб.\nГъоркьиса нилъеца бакӏарана пихъил 265 азарго тонна (гьезда гьоркьоб буго Краснодаралда ва нилъер гьанибги гурони Россиялда гӏезабулареб хурмаги — 6 азарго тонна). Овощазул – 1,5 миллион тонна ва бахчабазул — 236 азарго тонна.\nТӏадехун рехсарал нигӏматазул рахъалъ тӏолабго Россиялда нилъ цебесеб кьерда рукӏиналъе нугӏлъи гьабула цо гьадинаб хӏужаялъ. Москваялда буго «Фуд Сити» абураб, цӏакъ кӏудияб, къойида жаниб 100 азаргогӏанасев чи къабул гьавулеб дармилаб комплекс. Жидерго росдал магӏишаталъул продукция гьениб лъола 60 регионалъ ва 50 къватӏисеб пачалихъалъ. Гьенир ричулел пихъазул, овощазул ва бахчабазул 10 процент ккола Дагъистаналда гӏезабураб.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "2026-bagiarab-chol-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=2026-bagiarab-chol-son", "title": "2026 — багӏараб чол сон", "date": "2026-01-20 10:00:17", "categories": ["magiarukh", "rosdal-magiishat", "tab"], "text": "Щибаб соналъул, батӏи-батӏиял календаразда рекъон, рукӏуна жидерго цӏарал ва гӏаламатал. Исанасеб сонин абуни кколеб буго багӏараб чол лъагӏел.\nЧуял руго инсанасе ритӏухъал, гьев вичӏчӏулел ва кумекалъе ратулел жал.\nЧу бугеб хъизамалда лъималазе захӏматалъул лъикӏаб тарбия щолаан\nЩивасул магӏишаталда гьеб букӏуна чара гьечӏого рукъалъул хӏалтӏи гьабизе хӏажатаб ва лъималазе захӏматалъул тарбия кьеялъулъ кӏвар цӏикӏкӏараб рухӏчӏаголъи. Цоги рахъалдасан босани, гьеб ккола хъизамалъул рес букӏин бихьизабулеб гӏаламатги. Эмен чӏаго вугеб мехалда нижер рокъосаги камичӏо чуял. Гьезул цӏаралги ракӏалда руго. Ахирисеб чода цӏар букӏана «Мальчик» абун. Чода тӏад гӏунин дунин абуни, мекъи ккеларо. Районалда чуял тӏамиялъул къецаздаги гӏахьаллъана школалда цӏалулеб заманалда.\nЦо нухалда риидалил бакъанил гӏужалъ, чуязул илхъиги бачун, радаллъизегӏан гьел кваназаризе инсуца росдадаса 8-10 км рикӏкӏада ругел харибакӏазде витӏарав дун, чода тӏадго кьижун ккун ватана. Гьебин абуни, кьижарав дун тӏад рекӏун вукӏаго, росулъе тӏадбуссун, радакьалде кавудал кӏалтӏа чӏун батана. Амма инсуда лъаларедухъ ва гӏадан-чиясда вихьилалде, рогьалил гӏужалда цӏидасан нахъвуссун, илхъи тараб бакӏалде бекеризабизе ккана гьеб ва, бакӏ-бакӏалда щущан ратарал чуялги ракӏарун, рокъове тӏадвуссана.\nГьанже гӏумру цебетӏеялъул, цӏи-цӏияб техника баккиялъул хӏасилалда, гьезул кумекалде дагь гурони кколел гьечӏо. Кин бугониги, жакъа Дагъистаналда, мухӏканал баяназда рекъон, буго 41500 чу. Улкаялъул регионазда гьоркьоб, чуязул къадаралъул рахъалъ, нилъер республика буго 10-абилеб бакӏалда. Бищунго гӏемерал чуял руго Саха-Якутиялда. Гьениб гьезул къадар бахуна 181100 бетӏералде. Кӏиабилеб бакӏалда буго Башкортостан – 125800 бетӏер. Тӏолабго Россиялдайин абуни, чуязул буго цо млн. 31 азарго бетӏер.\nЧуязул тайпа цӏуни — жакъасел масъалабазул цояб\nАраб гӏасруялъул 90-абилел соназда нилъер республикаялда чуязул къадар дагьлъизе байбихьана. Цого-цо бугеб ипподромги биххизе дагьаб хутӏана. Амма Росдал магӏишаталъул министерствоялъул хӏаракатчилъиялдалъун кӏвана гьездехун чуял цӏуниялъул мурадалда тадбирал гьаризе. Хасго ахирал соназда кӏвана Ахалтекиялъулаб тайпа цӏунизе ва гьезул къадар цӏикӏкӏинабизе.\nРеспубликаялъул росдал магӏишаталъул цебетӏей гӏелмиябгун техникияб сурсаталдалъун хьезабиялъул хасаб программаялда рекъон, Дагъистаналда хӏисабалде босун буго 2030 соналде щвезегӏан мугӏрузул бакӏалъулал чуязул тайпабазул генетикиял цӏех-рехал гьаризе. Щайгурелъул гьел руго нилъер тӏабигӏиял шартӏазде ругьунал чуял.\nГьединлъидал чуял хӏалтӏизари, гьездаса, туризмалде гӏунтӏун, пайда боси цӏикӏкӏунеб буго. Махӏачхъала, Каспийск шагьаразда ва гьезда сверухъ дагьаб цебегӏанцин ункъо гурони чуязул клуб букӏун батичӏони, жакъа гьезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго. Социалиял гьиназдаги гӏемер рукӏуна суратал чуяздаги рекӏун тира-сверулел дагъистаниязул ва нилъехъе рачӏарал туристазул.\nЧуял — чорхол сахлъи цӏуниялда ва туризмалда\nАхикь, хуриб гуребги, чуял хӏалтӏизарула спорталъул, туризмалъул бутӏабаздаги. Гьезда рекӏун хьвадиялъ лъималазул цо-цо унтаби сах гьаризецин кумек гьабула. Чуял тӏамиялъул къецаздаги гьанже гӏахьаллъи гьабула гӏемерал бихьиназгун руччабаз. Хӏаракат бахъулеб буго, умумузул букӏараб гӏадаталде тӏубанго руссине кӏвечӏониги, дагьабгӏаги гӏагарлъизе. Тахшагьаралда жалго бетӏергьанал ипподромалцин гӏуцӏун руго. Гьенир лъимал, чуяздаги рекӏун тира-сверизарула, чотӏахъабилъун рахъине ругьун гьарула.\nДагъистаналъул чуяз гӏахьаллъи гьабула Северияб Кавказалда тӏоритӏулел къецазда ва бергьенлъабиги росула.\nЧу буго хехлъиялъул, гӏураб чӏаголъиялъул гӏаламат. Багӏараб цӏадулкьераб чуялъулаблъун кколеб гьаб соналъул аслиял рахъаллъун Бакъбаккул календаралда рекъон рихьизарулел руго: гъира-шавкъ ва хӏал букӏин, цӏикӏкӏараб хӏасрат ва гӏумруялда кколел хиса-басияздехун кӏудияб цӏайи букӏин. Амма, гьелдаго цадахъ, 2026 сон буго щивас, тасамахӏлъи биччачӏого, гӏадлу-низам цӏунизе кколеб, лъугьа-бахъинал гӏемераб сонлъунги.\nЗ. Ильясов"}
{"slug": "ebel-bahiarchiyasul-cziargun-hveze-bokun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ebel-bahiarchiyasul-cziargun-hveze-bokun-bugo", "title": "«Эбел, бахӏарчиясул цӏаргун хвезе бокьун буго»", "date": "2026-01-20 10:03:06", "categories": ["gara", "insan", "rakialdeshchvej"], "text": "2024 соналъул 2 декабралда хасаб рагъулаб операциялде жиндиего бокьун ана Тӏалхӏатов Шамил. Гьев вукӏана хъизамалда цохӏо бугеб лъимер. Гьев цӏалана ва гӏуна Махӏачхъала шагьаралда. 11 классги лъугӏизабун, ана Хасавюрталъул техникияб училищеялде цӏализе ва хадубго лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул автодорожнияб институт. Хӏалтӏулев вукӏана автошколалда, инженерлъун.\nГьал къояз ниж дандчӏвана Хьаргаби росулъа бахӏарчияв васасул эбел Патӏимат Мусахӏажиевагун.\n— Патӏимат, цо вугев вас кин виччазе кӏварав СВОялде?\n— Дица виччанищ гьев арав, вачӏана контрактги хъван, жив рагъде унев вугинги абун. Дица бихъ-бихъун бана гьеб контракт. Амма гьев кинго чӏечӏеб мехалда дун ана рагъулаб комиссариаталъул полковникасул кабинеталъуе. Гьес бихьизабуна дида васас жидехъе чанго нухалда ахӏараблъи, жив вачеян тӏирун чӏараблъи. Васгун барщун лъабго къоцин бана.\nВиччаларин чӏедал, гьес дида гьарана виччан тейин, жиндие бокьун бугин гьаб ракьалда лъалкӏ тезе ва, хвезе хъван батани, бахӏарчиго хвезеги вугин абун. Шамилица кидаго абулаан Шамил имамасул заманалда гьавун вукӏаравани живгиян абун. Гьедин ана ва, Ростовалде щведал, гьев командирлъунги тана.\nДосул букӏана онкология. Каспийск шагьаралда, 9 маялъул байрамалда, теракт гьабураб къоялъ, памятникалда цере тӏугьдул лъезе школалдаса гьенире рачарал лъималазда гьоркьов вукӏана гьевги. Гьениб кьвагьараб жоялъул кутакалъ, гӏодов речӏчӏарав гьесул бетӏер кьабун букӏана. Ботӏрониб бидурихьги тӏун, гьениб жаниб лъугьун букӏана опухоль. Гьедин ккараб жо букӏана мунагьал чурадил унтиги. Гьесда цадахъ рукӏарал лъималазул 11-яв хвана. Досда лъалаан жинца гӏемераб заман базе гьечӏеблъи, щайгурелъул, щиб больницаялде аниги, операция гьабизе бегьуларин гурони абичӏо.\nСВОялде индал, гьужумалъ унезул цебесеб кьерде жив витӏеян абулеб букӏун буго гьес. Вахчизе гӏадаб бакӏ балагьеян абидал, дуца дун хӏалихьатавлъун гьавун вукӏинчӏогуриян кьолаан жаваб. Щиб гьабилеб, Аллагьасде аманат гьабун витӏана.\n— Мун васасухъе щунги йикӏун йигоха, Патӏимат…\n— Щвана. Гьев гьениве ун анцӏабилеб къоялъ бачӏана васас ахӏун, ункъабилеб къо бугила жидер я лъим, я квен бихьичӏогоян. Гьебго къоялъ къваригӏанщинабги босун ана дун васас хъулухъ гьабулеб букӏараб часталде. Дун гьениса ун анцӏго къоялдасан ритӏун руго гьел гьужумалъ. Гьениве унеб къоялъ видеобухьен гьабун цоцазда кӏалъанги рукӏана.\n— Кинха дуда вас ватарав?\n— Вас вугеб бакӏалде ине бегьулеб хӏал букӏинчӏо, речӏчӏулеб жоялъги дроназги тӏадецуй гьабулеб букӏиналъ. Гьенире ине бегьуларилан рагъухъаби чӏедал, машина къачӏалел васазда аскӏоб букӏараб автоматги босун, гьезде гьебги битӏизабун, дица абуна, гьаб бакӏалда нуж киналго чӏвазе ругин цадахъ дун ячинчӏониян. Цинги ячана гьение. Ватана вас. Дунго гӏажаиблъана, ункъо моцӏалъ цеве чӏварав васасул жеги бакъвачӏого батана би. Дир мурад букӏана вас вукъизе кодове щвей…\nВасасул жаназаги босун дун ана Курскиялде, гьенисан — Ростовалде, гьенирго рукӏарал нилъерго магӏарул гӏолохъабаз кинабго гьабизе кколеб къагӏидаялда чура-хулун, хӏадур гьабуна жаназа, бана жаназадул как, ккун машинагун, гьевги вачун рачӏана ватӏаналде. Вас вукъана Шамхалалда.\n— Патӏимат, васасул хъизан-лъимал рукӏанищ?\n— Рукӏана. Гьесул йиго цо яс, исана тӏоцебесеб классалде цӏализе ине йигей. Гьев хъизангун ватӏалъун вукӏана.\n— Хӏукуматалъул рахъалдасан кумек щолищ дуе?\n— Щола. Дун ун йикӏана С. Меликовасухъе, гьев цӏалараб институталда мемориалияб къоно лъезе ихтияр кьеян гьаригун. Гьебги хӏадурулеб буго. Дица васасул цӏаралда мажгит базеги буго. Муфтияталъги кӏудияб кумек гьабуна, гьеб базе ракь кьуна Ленинил Комсомолалъул цӏаралда бугеб паркалда. Дие квербакъанщиназе кӏудияб баркалаги буго.\nРукъият Гӏалисултанова"}
{"slug": "giemerab-rokobrekarab-chohonib", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giemerab-rokobrekarab-chohonib", "title": "Гӏемераб — рокъоб,рекъараб — чохьониб", "date": "2026-01-20 10:07:53", "categories": ["med"], "text": "Некӏсиял грекал ва румал къойида жанир цо нухалда гурони кваналел рукӏун гьечӏо, анкьида жанир цо къоялъ гьел ракъун чӏолелги рукӏун руго. «Тӏаде вахъа анлъгоялда, кванай къобакьулъ, къаси — анлъгоялда, кьижа — анцӏгоялда», — ян малъулеб буго XVI гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав пуланав гӏакъилас.\nИнгилисазул тохтур Эндрю Бордица хъван буго: «Хӏалтӏи-пиша гьечӏев чи сордо-къоялда жанив кӏиго нухалда квананиги гӏола. Хӏалтӏухъан кваназе бегьула лъабго нухалъ», — ан.\nГӏемер кванай – инсанасул унти, дагь кванай — хӏайваназул унтиян аби буго умумузул. Кициги буго радалквен гьалмагъасулгун бащад гьабе, къадеквен дуцаго кванай, къасиквен тушманасе кьеян абураб.\nГьайгьай, гӏемер кванай ккола чиясул заралияб гӏамал. Гӏемерисел, ай 35-40 соналдаса тӏаде арал гӏадамал цӏикӏкӏун кванаялдалъун байбихьула кьаралъизе ва, чохьое лагълъи гьабиялъ, гьел кӏвекӏула батӏи-батӏиял унтабаз.\nГӏакъилзабаз ва гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго, инсанасул гӏумруялъул халалъи, сахлъиялъул ахӏвал-хӏал, гӏакълуялъул даража бараб бугин кванил роценалда. Масала, гӏалимчи Томас Эдисоница къоялъ кваналеб букӏун буго 350 грамм кванил, гьебгиха лъабидеги бикьун. 94 сонил ригьалде вахинегӏан гьев вукӏун вуго гӏураб чӏаголъиялда. Дунялалдаго цӏар рагӏарав чачаназул кьурдухъан Махӏмуд Эсенбаевас цо гара-чӏвариялда журналистасда абуна: «Дун киданиги кваначӏо гӏорцӏизегӏан, тепсиялда нахъаса вахъунаго дир букӏуна гӏорцӏун гьечӏин ккараб асар», — ан. Кремлялъул кӏалгӏаялда, гӏолохъанчи гӏадин, 74 сон барав Эсенбаев кьурдулеб мехалъ, тӏадеги рахъун, киназго гьесие хъатчӏвана.\nКиназего бокьула берцинаб, къамартӏаб черх букӏине. Амма гьелда тӏад хӏалтӏиялдаса чехьги цебе ккезабун, гӏемерисезул фигура лъугьуна гургуралъул гӏадаб.\nЦо пуланаб росулъ гӏолилазе магьари лъолеб сордоялъ, кӏал бегӏерай гӏаданалъ абун буго: «Гурхӏанаха бахӏарасда, бахӏаралъул халалъи-гӏеблъи батуларого, щиб къодай гъаримасда бихьила», — ян.\nХалалъи-гӏеблъи лъаларедухъ черх лъугьиналъе бугеб аслияб гӏилла ккола чияс гьабулеб хӏалтӏудаса чехь цебе ккезабулеб букӏин, ай хӏалтӏи гьабун тӏолеб гӏетӏалдаса кваналеб жо цӏикӏкӏунеб букӏин. Цо гьалмагъасде абулеб рагӏана: «Гьев чохьоч кваназавиялдаса чӏвазего бигьаяб букӏина», — ян. Чохьочие цӏакъ бокьула кьарияб квен. 150 килоялде бахана гьесул цӏайи, махӏабазе захӏмалъана къаркъала бехъерхъизе. Ана тохтурзабазухъе, чӏана диетаялда. Моцӏида жаниб 15 кило тӏаса рехизе бажаранинги абун, лъимер гӏадин, вохунги вукӏана пакъир. Диета тун моцӏ индал, тӏаде бачӏун батана 20 кило.\nЦо-цояз абула: «Кваначӏого чӏаниги цӏайи бахуна, гьединаб буго нижер тухумалъулго тӏабигӏат», — ан. Амма гьеб буго багьана. Лъида вихьарав концлагералда цониги кьарияв чи…\nАварагасул хӏадисалда буго: «Кванирукъ бикьизе ккола лъабиде, ай квание тела лъабил бутӏа, лъадае — лъабил бутӏа, гьаваялъе — лъабил бутӏа», — ян. Гьеб малъа-хъваялда данде ккола гьанже гӏелмуялъ малъулебги. Нилъер бертабазул, мавлидазул тепсиязда букӏуна 10-15 батӏияб нигӏмат, хӏикмалъизе бачӏуна цо-цо чагӏи гьенир кваналеб куц бихьидалги.\nГӏемер кванаялъе руго гьадинал гӏиллаби: чӏалгӏен ва аскӏобго холодильник букӏин, хӏалтӏуде гӏедегӏун, радал кваназе заман гӏоларого букӏин, квешаб хӏал (настроение), жиндирго напс къезабизе кӏунгутӏи, чехь бохизабизе бокьи, нерваби гӏодоре руссинариялъе цӏикӏкӏун кванай, кьолеб-щолеб квандаса инкар гьабизе кӏунгутӏи ва метералдаса байбихьун диетаялда чӏезе гьабураб «кьварараб» ният.\nДунялалдаго гӏемерлъулел руго кьариял гӏадамазул къадар. 1000 американасда гьоркьов вукӏуна 200 кьарияв чи, Европаялда — 130, славяназда гьоркьов — 80 чи.\nАбизегӏан кьариял рукӏунаро бакъбаккул улкабазда ругел гӏадамал, гьезул диналъ гьукъараб буго чохьое лагълъи гьаби. Аслияб куцалда гьез квание хӏалтӏизарула тӏабигӏиял нигӏматал, чӏахӏил квен, ччугӏа.\nНахъеккараб экономика букӏиналъ, Африкаялдаги гӏемер гьечӏо кьариял чагӏи, гьениб букӏунаро хӏадурарал кванил тӏагӏамал, гьечӏо радал кваналеб гӏадат, кванилъе жураларо тӏабигӏиял гурел жал, рукӏунаро ричун росарал заралиял квенал (бизнес-ланчал).\nГӏалимзабаз гьабураб цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго, къойида жаниб кӏиго нухалда квананиги, инсанасул сахлъиялъе кинабгӏаги къварилъи кколареблъи.\nГӏалимчи Герберт Шелтоница хъван буго: «Къойида жаниб лъабго нухалда кванаялъул хӏасилалда черх херлъула ва жагъаллъула. Гӏедегӏун кванаялъ инсан херлъизавула ва унтизавула», — ян.\nКьариял чагӏазул унтула ракӏ ва бидурихьал, цӏикӏкӏуна бидул тӏадецуй. Чорхол бакӏлъи цӏикӏкӏанагӏан кӏодолъула ракӏ, бакъвалъула би, кколеб куцалда гьеб щоларо лугбузухъе ва клеткабазухъе. Къвакӏула бидурихьал, бидулъ цӏикӏкӏуна холестерин, хӏинкъи букӏуна атеросклероз ккеялда. Кьариял чагӏазул 60 проценталъулъ тӏатуна чакрил унти, гьуърузе захӏмалъула тартибалда хӏухьел цӏазе. Цӏакъго бакӏал чагӏазул мугъзагьод гьетӏула, кьуризабула каранзул къали. Бакӏал чагӏи гӏемер унтула гриппалъ ва батӏи-батӏиял гьуърузул унтабаз, дарабазулги гьезие дагьаб гурони пайда букӏунаро. Квешаб рахъалдехун хисула чехь-бакьазул хӏалтӏул тартиб. Унтула ургьисалаби, гьелда жанир лъугьуна ганчӏал ва сали. Гьезул къанагӏатги вукӏунаро рукьбузул ва рищалабазул унтаби гьечӏев чи. Гӏелмиял цӏех-рехаз бихьизабуна чорхол бакӏлъиялъ зарал гьабулареб цониги лага, лугбузул гӏуцӏи, хӏатта клетка букӏунареблъи. Гьединлъидал кьариял чагӏазул гӏемерисел рукӏуна гӏумру къокъал, заман щвелалдего херлъула гьел.\nБаян\nДунялалда бищун бакӏал чагӏилъун рикӏкӏунаан: американай Кэрол Йегер — 727 кг,\nДжо Брувер — 544 кг ва Джон Минноху — 635 кг!\nЖакъа дунялалда ругел бищун бакӏал чагӏи ккола: Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса Шаари Халид ибн Мухсен — 630 кг, Мексикаялдаса Франко Хуан Педро — 585 кг, СШАялдаса Брамли Кеннет — 469 кг ва Австралиялдаса Наср Андре — 468 кг.\nРоссиялда бищун бакӏав чи кколаан Хабаровск краялдаса 40 сон барав Дмитрий, гьесул цӏайи букӏана 450 кг.\nНури Нуриев"}
{"slug": "mun-czӏcziadasajishhilan-gikanila-czӏczӏunczӏczӏrayal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mun-czӏcziadasajishhilan-gikanila-czӏczӏunczӏczӏrayal", "title": "Мун ЦӏЦӏадасайищилан гьикъанила цӏцӏунцӏцӏраялъ…", "date": "2026-01-23 14:54:29", "categories": ["obrazovanie", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул хӏакъалъулъ гӏелмияб бахӏс\nПачалихъияб тӏадкъаялда рекъон, республикаялъул мацӏазул гӏалимзаби хӏалтӏулел руго рахьдал мацӏалъул сводалда хиса-басиял гьариялда тӏад. Гьеб къабул гьабиялъул мурадалда гӏуцӏун буго Терминазулгун битӏунхъваялъул республикаялъулаб комиссия.\nГьелда гъорлъ руго Дагъистаналъул щибаб миллияб мацӏалъул вакилзаби. Магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул свод хӏадуриялъул хӏалтӏи тӏадкъан буго РАНалъул ДФИЦалъул Мацӏалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ) гӏалимчи, филологиял гӏелмабазул кандидат, грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасда. Гьесул нухмалъиялда гъоркь, 15 январалда ИЯЛИялда тӏобитӏана сводалда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ бицараб дандеруссин.\nТадбиралда гӏахьаллъана рехсараб отделалъул бетӏерав гӏалимчи, филологиял гӏелмабазул доктор Борис Атаев, гьебго отделалъул гӏалимчӏужу, филологиял гӏелмабазул кандидат Забихӏат Оцомиева-Тӏагьирова, ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиев, Дагъистаналъул Педагогикаялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъул (ДНИИП) рахьдал мацӏазул секторалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Хӏайбула Вакилов, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул (ДГУ) филологияб факультеталъул Дагъистаналъулги Бакъбаккул улкабазулги адабияталъул кафедраялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Маржанат Хӏажиахӏмадова, гьебго факультеталъул Дагъистаналъул мацӏазул кафедраялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Раисат Магьдилова.\nМухӏамад Мухӏамадовас бицана сводалда тӏад гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьес рехсана магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялда кӏвар бугел хиса-басиял гьарурал гӏалимзабиги, гьезухъаги рукӏалиде ккезарун бажаричӏого хутӏарал битӏунхъваялъул масъалабиги. «Магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъе кьочӏое босизе ккола нилъеда рагӏабазулъ рагӏулел гьаркьал хъвалеб къагӏида. Щибаб рагӏулеб гьаракьалъе букӏине ккола хасаб хӏарп. Гьединлъидал магӏарул алфавитги хисизабизе ккола. Масала, нилъер гьечӏо «ф», «ъ», «ы» хӏарпал. Гьел щай рехсезе кколел алфавиталда? Гьелги нахъе росун, тӏаде журазе ккола кӏирекъарал хӏарпал», — ан бицана Мухӏамадица. Гьесул пикруялда рекъон, алфавиталде тӏаде жубазе ккола ичӏго кӏирекъараб хӏарп.\nХиса-басиял гьаризе кколеллъун рехсана гӏалимчияс предметияб цӏаралъул ва глаголалъул битӏунхъвайги. «Цо магӏна кьолеб бугони, кӏиябго рагӏи рекӏун хъвазе ккола. Цояз рекӏун хъвала, цогидаз батӏатӏун хъвала гьел. Масала, рекӏун хъвазе ккола гьадинал рагӏаби: цебетӏамизе, кӏодогьабизе, хӏалтӏигьабизе, пикругьабизе. Дарги мацӏалдаги гьел рекӏун хъвала. Салатавиялъул диалекталда мурадияб формаялъул глаголалда тӏаде жубала «й»: хъвайзе, квачайзе, седейзе. Гьеб мекъи буго», — ан абуна гьес.\nДанделъиялъул гӏахьалчагӏазул цоял разилъана М. Мухӏамадовасул цӏигьариязда, цогидаз загьир гьабуна гӏаксияб пикру.\nХӏ. Вакилов: «Гьел хӏарпал алфавиталда гъорлъе рачани, тӏоцебесеб классалъул лъималазда малъизе ккола жеги ичӏго гьаракь бихьизабулеб хӏарп. Гьабсагӏаталда школазда рахьдал мацӏалъе бихьизабун буго анкьида жаниб бащдаб дарс. Кида малъилел гьезда киналго хӏарпал? Гьелде тӏадеги, кӏирекъарал хӏарпал хъвазе бихьизабураб хасаб ишара бихьизабулеб гьечӏо дуца. Гьел хъвазе руго нилъеего ругьунаб къагӏидаялда. Гьитӏинаб кӏиго лъ хъваялъул къварилъи букӏинаро, кӏудияб хъвалаго, гьеб релълъуна М хӏарпалда. Лъимал къосинаризе руго гьелъ. Гӏелмияб алфавиталда дуе бокьухъе хъвай, амма школазеги, газеталгун журналазеги цебе букӏараб алфавит хисизабичӏого те.\nГьелде тӏадеги, дуца рехсарал хиса-басиял тасдикъ гьаруни, школалъе хӏадурарал цӏалул программабиги, тӏахьалги, методикиял малъа-хъваялги – кинабго цӏидасан басмаялъе хӏадуризе ккола. Жакъа школазе гӏолел гьечӏо цӏалул тӏахьал, гьел рахъизе гӏарац гьечӏо республикаялъул бюджеталда. Гьел ва цогидал гӏиллаби хӏисабалдеги росун, дун рази гьечӏо сводалда хиса-басиял гьариялда».\nА. Муртазагӏалиев: «Хӏарпазда, алфавиталда гьабураб щибаб хиса-баси хъинтӏула школалда цӏали гӏуцӏиялда. Хӏайбулаца битӏун абулеб буго: гьел хиса-басиял жакъа гӏумруялде рахъинарун бажаруларо.\nМасала, ЦӏЦӏадаССа Хӏамзатин хъваниги, Цӏадаса Хӏамзатин хъваниги, гьев цо чи вукӏин киназдаго бичӏчӏула. Лъ, Лълъ ва Лӏ – лъабго батӏияб гьаракь рагӏулин абулеб буго Мухӏамадица. Лъида гьеб рагӏулеб? Дида, масала, рагӏуларо. Рагӏулеб щибаб бакӏалда гьеб хъваялъул магӏнаги гьечӏо. Амма Ф хӏарпалъул рахъалъ абулелъул дица рахъккола. Мажигатаздаги, динияб газеталдаги, гьанжесел гӏолилазул цӏаразулъги – киса-кибего Ф хӏалтӏизабиялда дун рази гьечӏо. Патихӏаян абуниги, Фатихӏаян абуниги, гьеб киназдаго бичӏчӏула. Гӏурус мацӏалдаса рачӏарал рагӏаби дозул къагӏидаялъ хъвазе ругьун гьаруна. Масала, утюгалда итуян абизе бегьулеб, ведро щай бижухъе хъвазе кколеб? Гьеб рахъ роцӏинабизе ккела. Дибирзаби нилъеда хадур рилълъинаризе ккола, нилъ гьезда хадур ун дандекколаро. Нилъер мацӏалъул тӏабигӏатго хола гьедин тани.\nЩибаб хиса-баси къабул гьабизе ккола, щивасул пикруги кьочӏое босун, щивас гьаракьги кьун, маслигӏат батизе ккола».\nБ. Атаев: «Цоязда рагӏула – цогидазда рагӏуларо абун хъвалеб жо гуро хӏарп. Дида гӏезегӏан лъикӏ рагӏула гьел. Гьелъул магӏнаги буго мацӏалда гьел рукӏин, халкъалъ гьел гьаркьал хӏалтӏизарулел рукӏин. Битӏунхъваялъул правилабазе кьочӏое босизе ккола классикияб адабияталъул мацӏ. Цӏадаса Хӏамзатил, Бакьайчӏиса Чӏанкӏал, Инхоса Гӏалихӏажиясул ва цогидал классиказул асаразулъги хӏалтӏизарун руго кӏирекъарал хӏарпал».\nМ. Хӏажиахӏмадова: «Дуца рехсарал классиказул чӏагояб мацӏ, ай гьаракь нилъеда кин рагӏулеб? Гьезул тӏахьалги редакторасул квер тӏад бахъарал гурищ ругел?»\nБ. Атаев: «Апицерин абулев чи ватизе рес гьечӏо. Рикӏкӏадаб магӏарул росулъ гӏумру гьабулей кӏодоцацин абула «Дир вас офицерлъун вугилан». Гӏурус мацӏалдаса рачӏарал рагӏабазулъ Ь лъезе хӏажат гьечӏо. Нилъеца абулеб къагӏида цӏунизе ккола гьел хъвалелъулги: уштел, остол.\nНужеца абулеб буго, алфавиталда хиса-басиял гьаруни, текст халалъизе бугилан. Кагътида хъвадарулеб заманалъул хутӏел буго гьеб: хӏарпалда тӏаде жубараб цо хӏуччалъ 80 проценталъ текст кӏодолъизабулин абулаан доб мехалда. Биччанте халалъизе. Гьанже компьютералда буго тӏолго хъвай-хъвагӏай, щибго захӏмалъи гьечӏо. Кагътидаги барахщизе кколаро – бокьанагӏан щола гьеб».\nР. Магьдилова: «Бугеб куцалда тезе ккола нилъеца алфавитги магӏарул мацӏги. Жакъа кӏовухъе къокъ гьабулеб буго калам. Кӏирекъарал хӏарпалги тӏаде журан, текстал халалъизаруни, гьел лъица цӏализе ругел? Цо конференциялда дандчӏварай асатӏиналъ абуна, жинца Украинаялда ункъо моцӏ банила, цо гьаракьалъул цӏех-рех гьабулаго. Нижехъе вачӏун вукӏана америкаялъулав, лъабго латералияб гьаракь лъазабизе лъагӏел бана гьес. Нилъер гьечӏо гьаркьал рахъулеб къагӏида мухӏкан гьабулеб лабораторияги. Сундул кьучӏалда хиса-баси гьабилеб, лабораторияб цӏех-рехги гьечӏого?»\nГьединал пикраби загьир гьаруна гӏалимзабаз. Дандеруссиналъул ахиралда хӏукму гьабуна битӏунхъваялда тӏад хӏалтӏизе ва февраль моцӏалда цоги нухалда данделъизе.\nСоциалиял гьиназда ругел «Хӏакъикъаталъул» гьурмазда нижеца тӏобитӏараб цӏех-рехалъул хӏакъалъулъ бицина иргадулаб номералда.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "hӏakimchi-zhamgӏiyav-hӏarakatchi-hvadaruhan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hӏakimchi-zhamgӏiyav-hӏarakatchi-hvadaruhan", "title": "Хӏакимчи, жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадарухъан", "date": "2026-01-23 15:01:32", "categories": ["barkiyal", "insan"], "text": "Цо нухалда магӏарухъа тахшагьаралде ячӏарай курсцояй Заираца дида абуна, жидер росулъе вачӏун вукӏарав Зикрула абулев министрас жиндихъе ахӏун йигин, цадахъ йилълъаян. «Багъатар Хӏажиевасул хӏакъалъулъ баянал ругила жиндихъан абуна гьес. Дарсида цӏакъ хӏажат буго дие гьеб материал», – ин тӏаса йичӏичӏо гьей. Тахшагьаралъул администрациялъул минаялда бугила гьесул кабинетги. Унго-унгояв магӏарулав вугила, щвезе кколиланги бицун, ана аслияб майданалде. Жанирецин риччачӏеб мехалда бихьила дудаян пикрабиги гьарулаго, щвана майданалде. Зикрулахъе ине ругин абидал, хъаравулас риччана жанире. Рахана кабинет бугеб тӏалаялде. Данделъиялде дове ун вугилан, секретаралъ Хӏукуматалъул минаялде ишан гьабуна. Нижги кабинеталъул кӏалтӏа ратарал бакӏазда кӏусана. Чӏана кӏигониги сагӏаталъ харбида – Зикрула вачӏинчӏо. Хӏали-малалъ нахъе ячана дица Заира, гьедин бигьаго щоларо нилъехъе пачалихъиял хӏакимзабиян хабарги бицун.\nГьелдаса нахъе ана къогоялдаса цӏикӏкӏун сон. Лъай-хъвай ккана Зикрулалгун – гьанже цадахъ хӏалтӏула. Хӏакъикъаталдаги, гьев вукӏун вуго унго-унгояв магӏаруласул хасият-гӏамал чорхолъ бессарав, халкъалъги ишцоязги жиндир къадру-къимат гьабулев инсан. Гьал къоязда гьес тӏубана 75 сон. Бокьун буго, Зикрулада гьавураб къоги баркулаго, нижер цӏалдолезеги гьесул хӏакъалъулъ бицине.\nГӏумрудул болъодул хӏокӏал\nЗикрула Ильясов гьавуна 1951 соналъул 24 январалда Казбек районалъул Гуни росулъ. 1974 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет ва 1982 соналда – Хасавюрталъул росдал магӏишаталъул техникум. 1987 соналда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна КПССалъул ЦКялда цебе букӏараб Жамгӏиял гӏелмабазул академияги.\nХӏалтӏизе байбихьана 1974 соналда гӏагараб росдал школалда – гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул учительлъун. Гьелдаса хадуб, 1986 соналде щвезегӏан, хӏалтӏана Дагъистаналъул комсомолалъул ва партиялъул идарабазда. Батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏана З. Ильясов: ДРялъул Пачалихъияб Советалъулги Хӏукуматалъулги администрациялъул нухмалъулесул заместительлъунги, ДРялъул социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул министрлъунги, ДРялъул захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министрасул тӏоцевесев заместительлъунги, ДРялъул миллияб политикаялъулгун информациялъул ва къватӏисел бухьеназул министрасул тӏоцевесев заместительлъунги. Гьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун. Цадахъго гьес нухмалъи гьабула «Россиялъул халкъазул ассамблея» абураб пачалихъиябгун жамгӏияб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб отделениялъеги.\nГьел хъулухъазда вукӏаго щвараб хӏалбихьиялъул кьучӏалда З. Ильясовас хъвана 30-ялдаса цӏикӏкӏун тӏехь. Гьезулъ бицунеб буго миллатазда гьоркьосел масъалабазулги, миллияб прессаялъулги ва машгьурал гӏадамазулги хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул тарихги, маданиятги, пачалихъияб гӏуцӏиги, жамгӏиябгун экономикияб гӏумруги гъорлъе бачун хъвараб буго, масала, гьесул «Дагъистаналъул гӏумруялъул энциклопедия» абураб тӏехь.\nМагӏарулазе къиматаб сайгъатлъун лъугьана «Дунялалда лъалкӏ тарав 300 магӏарулав» абураб тӏехьги. Гьелда гъорлъе рачун руго Дагъистаналъулги, Россиялъулги ва дунялалъулги тарихалда кӏудияб лъалкӏ тарал машгьурал магӏарулазул къисматал.\nРеспубликаялдагун Россиялда унеб гӏумру берзукь кколев Зикрулаца ахирал соназда кӏудияб кӏвар кьола Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда бахӏарчилъи бихьизабулел нилъер рагъухъабазул хӏакъалъулъ баянал даимлъизариялдеги. Ахирал соназда чанцӏулго басмаялде бахъана «СВОялда СКФОялъул Меседил Цӏваби» абураб тӏехь. Гьелда кьун руго «Россиялъул Бахӏарчи» абураб къадруяб цӏаралъе мустахӏикълъарал СВОялъул рагъухъабазул хӏакъалъулъ баянал. Северияб Кавказалдаса киналго Бахӏарзал рехсонги руго гьелда.\nДагьалъ цебе басмаялде бахъана «Председателасул гӏумрудул сухъмахъал» абураб цоги тӏехь. Гьениб бицунеб буго ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул гӏумруялъулги хӏалтӏул хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ. Кьун руго гьудулзабазул, гӏагарлъиялъул, ишцоязул ракӏалдещвеялги, батӏи-батӏиял тадбираздаса сураталги.\nВатӏаналъе пайдаяб хӏалтӏи гьабиялъухъ, Северияб Кавказалъулго миллатазда гьоркьосеб ракълие гӏоло гьабураб хӏаракаталъухъ З. Ильясов мустахӏикълъана пачалихъиял ва жамгӏиял шапакъатазе. Гьев ккола ДРялъул Пачалихъияб хъулухъалъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, ДРялъул 1-себ классалъул Пачалихъияв Гӏакълучи. Гьесие кьуна «Россиялъул патриот» ва Шолоховасул медалал, «За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орденги, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Меседил медальги, «Честь Достоинство Профессионализм» абураб Россиялъул Журналистазул союзалъул гӏаламатги, «За общественное служение Союзному государству» абураб Халкъазда гьоркьосеб жамгӏияб палатаялъул медальги.\nЗикрула ккола Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчиги «Миллаталъул чӏухӏи» абураб Тӏолгороссиялъул премиялъул лауреатги. Гьесул жамгӏиял хъулухъазда гьоркьор рехсезе ккола: педагогиял гӏелмабазул халкъазда гьоркьосеб академиялъул член-корреспондент, ДРялъул Журналистазул союзалъул член, 2025-2030 соназул ахӏиялъул Халкъазда гьоркьосеб Жамгӏияб палатаялъул Президиумалъул член, Шамил Имамасул цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб форумалъул Генералияв Секретарь, Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель.\n«Черкизов базар» гуро Кавказ!\nКинаб хъулухъалда вугониги, жамгӏияталда гьоркьоб ккараб лъугьа-бахъиналъеги пачалихъиял хӏакимзабаз загьир гьабураб пикруялъеги къимат кьола Зикрула Ильясовас. Гьел рехсон руго батӏи-батӏияб заманалда рахъарал республикаялъул газетазда.\nГьес рехсана гьадинаб мисал. «2009 соналъул июлалъул ахиралда «ЛДПР» абураб газеталда бачӏана «Весь Кавказ – это огромный Черкизовский рынок» абураб В. Жириновскиясул макъала. Гьес хъвалеб буго: «Мугӏрузул халкъалъе хӏалтӏизе бокьун гьечӏо, щайгурелъул гьел киданиги хӏалтӏичӏо. Гьел кидаго рукӏана боевикаллъун. Гьедин букӏана нусго, кӏинусго, лъабнусго соналъ цебеги. Автомат гьезие буго ручка гӏадинаб, художникасе къалам гӏадинаб, актерасе театралъул сцена гӏадинаб (ай ругьунаб – автор.) жо. Лъимерлъудасаго ярагъгун руго гьел. Рохел ккани, гьел кьвагьдола, рокьукълъи, ццим – кьвагьдола. Гьел гъираялда машгъуллъула рагъулаб ишалде: бикъи-хъами, чи асир гьави, гъоркьлъалие воси – гьеб гьезул бидулъ буго. Гьеб ккола гӏемерал, батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамаз гьитӏинаб бакӏалда цадахъго гӏумру гьабулеб регион. Юг, хинлъи, багӏари, бидулъ – гӏасрабазулаб, даимаб рагъ, бидухъ рецӏел боси. Гьел киналго бидулал руго…». Хадубги авторас хъвалеб буго: «Ваня, дур кӏудияб Россия биххун, тӏатӏала ккун буго, мун хӏеренав вукӏиналъ, дур хӏалимлъиялъ ва дур гьуинлъиялъ … Ваня, дир ракӏунтун буго, гьаб кӏудияб пачалихъ гӏуцӏарал умумузул вас, космосалде нух рагьараб халкъалъул ирсилавлъун кколев мун жакъа, чахъу гӏадин, Кавказалда хъолев вукӏиналъ», – ан.\nДида гьеб макъалаялъ кутакалда хӏунсана ва дицаги жавабалъе хъвана «Народы Кавказа и политикан из Госдумы» абураб макъала. Гьеб бахъана 2009 соналъул 20 августалда «Дагестанская правда» газеталда. Макъалаялда авторас ракӏалде щвезабун буго нилъер умумузул бахӏарчияб тарих. Гьес хъвалеб буго: «Ватӏаналъул тарихалда СССРалъулги Россиялъулги тӏолго халкъаз, гьезда гьоркьор гӏурус халкъалъги, цадахъ цӏунана улкаялъул эркенлъиги ракьги. Кавказалъул халкъазги, гьезда гьоркьоре уна Кавказалда гӏумру гьабулел гӏурусалги, рагъ лъазабун буго сверухъ бугебщинаб квешлъиялъе. Чӏвадарухъабазул гулликье ккола милициялъул хӏалтӏухъаби, гъоркьчӏелги гьабун чӏвана машгьурав политикияв хӏаракатчи Хӏажи Гӏабашилов, генерал-лейтенант Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров, чӏвазе хӏалбихьана Ингушетиялъул президент Юнусбек Евкуров.\nБалъгоял бакӏаздаги рахчун, тохлъукье кьвагьдезе рахъунел боевиказ хӏакъикъаталдаги квалквал гьабула улкабазул, республикабазул, регионазул цебетӏеялъе. Амма гӏадамалин абизего бачӏунарел гьелги Кавказалъул тӏолалго халкъалги ращад гьари – гьеб дида бихьула улкаялдаго бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏалалъул цӏех-рех гьабизе бокьунгутӏилъун. 1999 соналда хъачагъазул къокъаби щущахъ риххизаруралдаса хадуб араб заманалъ нугӏлъи гьабула: Дагъистаналъул халкъ букӏана ва буго законалда рекъонги хьвадулеб, унго-унголъун ватӏанги хирияб Россиялъул Федерациялъул халкъалъул бутӏалъун», — ан абун.\nМакъала къватӏибе бачӏун лъабго къо индал, Зикрула ахӏана Дагъистаналъул президент Мухӏу Гӏалиевасухъе. Гьес бихьизабуна Жириновскияс гъулбасараб кагъат. Гьелда хъван бугоан, РФялъул Федерациялъул Советалъул председателасул заместителасул хӏакъалъулъ гьев хӏакъир гьавулел рагӏабазухъ Зикрула Ильясов хъулухъалдаса вахъизе кколаян. Зикрула хӏалтӏулев вукӏана ДРялъул миллияб политикаялъулгун информациялъул ва къватӏисел бухьеназул министрасул заместительлъун. «Дагъистаналъул президент, Россиялъул патриот Мухӏу Гӏалиевасда кутакалда лъикӏ бичӏчӏана, щив витӏарав, щив тӏекъав вугевали», — ян абуна З. Ильясовас.\nВижухъе те Шамил\nАхирал соназда гьоркьоса къотӏуларо Шамил имамасул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял пикраби. Хасал бахӏсал рукӏуна, асирлъудейищ гьев арав, гӏурус пачаясулгун ракълил къотӏийищ гьабураб абураб темаялда тӏасан. Зикрулалги буго жиндирго пикру. «Шамилил хӏакъалъулъ ругел баянал халкъиял биценаздаса ругин абулелги камуларо. Дунялалдаго гьев рикӏкӏуна халифлъун. Машгьурав, халкъалъ кӏодо гьавулев чиясул хӏакъалъулъ биценалги тарихиял кучӏдулги гьарула халкъалъ. «Тарихияб ритӏухълъи цӏунулинги» абун, биценаздасаги харбаздасаги Шамилил сипат батӏа гьабизе лъугьин мекъаб буго. Кагътиде босараб кьучӏаб далил, ай документ, гьечӏилан абун, хӏалбихьеха Мухӏаммад аварагасул яги цогидав машгьурав гӏалимасул, рухӏияв цевехъанасул биография хисизабизе. Гьедин гьабула тарихалда лъалкӏ тарав инсан гӏодовегӏан гьавизе, ай гӏадатияв чиясда гьев ващад гьавизе гъира бугеб мехалда. Рухӏияв цевехъан хӏисабалда Шамилие къимат кьун бажарула гӏицӏго диниял хӏаракатчагӏазухъа ва бусурбаби-гӏалимзабазухъа. Гьесул гӏумруялъулги пачалихъиябгун жамгӏияб хӏаракаталъулги бицине те политологаз, дипломатаз, социологал, пачалихъиялгун жамгӏиял хӏаракатчагӏаз.\nКӏочене бегьуларо: пуланав чиясул хӏакъалъулъ биценалги, кучӏдулги, харбалги халкъалъул гьунаралда рижула ва наслабаз наслабазухъе кьун цӏунула, гьесул адаб-хӏурмат гьабулеб бугони. Цогидал асаралго гӏадин, рухӏиял церехъабазул хӏакъалъулъ асаралги ккола нилъер миллаталъул маданияталъул кӏвар бугеб бутӏалъун. Гьединлъидал гьеб цӏунизеги гьелъул адаб гьабизеги ккола нилъеца», – ян бицунеб буго З. Ильясовасулгун Мухӏамад Гӏабдулхабировас гьабураб гара-чӏвариялда.\nУлкаялъе кӏвар цӏикӏкӏараб заманалда, хасго халкъалъулъ ватӏаналде рокьи гьулчизабизе ккедал, Шамилил сипат ракӏалде щвезабула. Гьедин букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда: ингилисазул жасусилан кӏоченавурав имам бахӏарчияв цевехъан вугилан пикру тӏибитӏизабуна. «Жакъа къоялдаги Шамилида сверухъ бахӏсал гӏемерлъун руго. Гьелдаса пайда босулеб буго нилъер улкаялде данде къеркьолеб бугеб Европаялъ. 25 соналъ имамас гӏурусазде данде рагъ гьабулеб букӏанинги бицун, гӏолеб гӏелалъул пикру буссинабулеб буго Россиялъул халкъазулъ жахӏда бижизабиялде. Тӏибитӏизабулеб буго цоги пикру: гьедигӏан къадруялъе мустахӏикъавго вукӏинчӏин Шамил, гьев хиянатчи вугин, жинда хадур арал халкъал рехун танин. Гьебги буго, Кавказалъул рагъул мухӏканаб тарих гӏолилазда лъангутӏиялдаса пайдаги босун, Кавказалъул халкъал рикь-рикьизариялъе гьабулеб хӏаракат», – ан бицунеб буго Зикрулаца добго гара-чӏвариялда.\nРахьдал мацӏ цӏуниялъе нухал\nМагӏарул мацӏалъул къисматалъ ракӏунтун бугин, гьеб цӏунизе кколин бицунел дандеруссинал гӏемер руго. Амма цонигиялда тасдикъ гьабун бихьичӏо гьелъие гьал нухал ругин рехсараб программа.\nРедакциялда гьединаб бицен ккедал, З. Ильясовас дихъе кьуна гьел нухазул бицараб кагъат. «Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулги инсанасул ихтиярал цӏуниялъулги рахъаз ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб советалъул рахъалдаса хӏадурун букӏана гьеб. Битӏун букӏана жавабияб идараялъухъеги, амма цо хабар ккечӏо гьелъул хӏакъалъулъ. Жавабцин кьечӏо», — ян бицана гьес.\nГьале, Зикрулал пикруялда рекъон, рахьдал мацӏ цӏуниялъе квербакъулел тадбирал:\n— Школазда рахьдал мацӏалъул экзаменал гӏуцӏи.\n— «Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ» абураб закон къабул гьаби.\n— Школазда рахьдал мацӏалъул дарсазе кьолел сагӏталги телевидениялда гьелъие чӏезабураб заманги цӏикӏкӏинаби.\n— Школалда цебесеб лъай кьеялъул идарабазда рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏи.\n— «Дагъистан Республикаялда пачалихъияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ» абураб законалда хиса-баси гьаби (хъулухъалде восулев чиясда Дагъистаналъул халкъазул цогӏаги мацӏ лъазе тӏадаблъун гьаби).\n— Рахьдал мацӏалъул учителасе, миллиял СМИязул журналистазе кьолеб харж цӏикӏкӏинабиялъе ресал рати.\n«Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабаз ракӏ-ракӏалъ баркулеб буго Зикрула Ильясовасда 75-сонилаб юбилей. Аллагьас сахлъиялда таги, рекӏел анищал тӏураги, гьабулелъе тавпикъ кьеги!\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "giabdurashid-cshayalul-ligayalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giabdurashid-cshayalul-ligayalda", "title": "Гӏабдурашид – СШАялъул лигаялда", "date": "2026-01-23 15:04:06", "categories": ["insan", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Олимпиялъул хӏаязул кӏицӏул чемпион, Гӏабдурашид Садулаевас контракт хъван буго ReaI American freestyIe (RAF) абураб спортивияб гӏуцӏигун.\nRAF ккола СШАялъул цӏакъ ссиялда бугеб эркенаб гугариялъул гӏуцӏи. Цере рукӏарал спорт рехун тарал ва гьабсагӏатги церерахъунел гугарухъабазги жубараб речӏчӏухъанлъиялъул спортсменазги гӏахьаллъи гьабула гьелъул къецазда. Гьесул дебюталъулаб тӏоцебесеб цевевахъин букӏине буго исана маялда.\nМамиашвили пашманлъана, Фетисов разилъана\nОлимпиялъул хӏаязул кӏицӏул чемпион, машгьурав хоккеист Вячеслав Фетисовас рахъккуна Гӏабдурашид Садулаевас Америкаялъул (RAF) абураб спортивияб гӏуцӏигун контракт хъвазе гьабураб хӏукмуялъул:\n«Жакъа Гӏабдурашидил рес гьечӏо Олимпиадаялда гӏахьаллъизе. Гьединлъидал гьес тӏасабищун буго гугаризе жиндие санагӏалъи бугеб нух. У, гьеб RAF ккола тӏубанго батӏияб тарих жиндир бугеб профессионалияб клуб. Амма Гӏабдурашид гьенив цевевахъине вуго нилъер пачалихъалъул вакиллъун. Щибниги бегьулареб, нилъ хӏинкъизе ккараб жо гьениб дида бихьулеб гьечӏо», — ян абуна машгьурав хоккеистас.\nГӏабдурашидица RAF-алъулгун контракт хъван бугин рагӏидал, Россиялъул Эркенаб гугариялъул федерация (ФСБРалъул) нухмалъулев Михаил Мамиашвилица жиндирго ракӏхвей загьир гьабун букӏана.\nЖивго Гӏабдурашидица гьелда бан гьадин абуна:\n«RAF-алъулгун дица профессионалияб контракт хъванин рагӏарабго, гӏемерав чи вохана, амма цо-цоял пашманлъизеги пашманлъана.\nРоссиялъул гугарухъабазул командаялъе санкциял сабаблъун халкъазда гьоркьосел турниразде нух къазе байбихьаралдаса дихъе гӏемерал пачалихъаздаса ругьел бачӏунеб букӏана гьезул гражданствоги босун гугаризе вачӏинарищан.\nАмма Россиялъул тӏасабищараб командаялъул цевехъан хӏисабалда дун ватӏаналъе ритӏухъавлъун вукӏана кидаго ва жакъаги вуго. Хадубккунги халкъазда гьоркьосел турниразда, гьединго RAF лигаялда гугарулеб мехалъги тӏоцебесеб иргаялда ватӏаналъул вакиллъун вукӏине вуго.\nСпортсменасул ригь цӏакъго къокъаб гӏуж буго. Гьелъие гӏоло кьуна дица дирго гӏолохъанлъиги, къартӏги, къуватги ва жакъа бищун аслиял турниразда цеве вахъине ресги гьечӏого хутӏидал, дица хӏукму гьабуна океан бахун доб рахъалда дирго къуваталъул хӏалбихьизе.\nRAF гьеб ккола UFC, NHL-го гӏадин хасаб профессионалияб спортивияб гӏуцӏи. Тӏолго дунялалдаса бищун къуватал гугарухъаби цолъараб лигаялда дирго бажари бихьизабизе ракӏалда буго ва бихьизабила Россиялъул гугарухъанлъиялъул школалъул бугеб даражаги.\nДицаго гьабураб хӏукму мекъаб букӏинчӏолъиялда божарав вуго, гьеб тасдикъ гьабулеб буго улкаялъул батӏи-батӏиял мухъаздаса дир рахъккун ритӏун рачӏунел кагътазги», — ян абуна Гӏ. Садулаевас.\nКвалквалал гӏемер гьаруна…\nГӏабдурашид Садулаевасе чанцӏулго нух къана Европаялъул чемпионаталде. Россиялъул тӏасабищараб командагун цадахъ Братиславаялде ине нухда хӏетӏе лъурав чиясе гьесие визаялъе инкар гьабуна араб соналъ.\nГьаб нухалда гьениб кинабгӏаги политикаялда хурхараб жо гьечӏин абун букӏана гьелда хурхун, Эркенаб гугариялъул федерациялъул нухмалъулев Михаил Мамиашвилица. Словакиялъул хӏукуматалъ жидехъа бажарарабщинаб гьабунин Гӏабдурашидие виза щвеялъеян абуна гьес, амма техникиял гӏиллабазда бан, гьеб кинго щвечӏин.\nКин гьеб батаниги, кӏиго соналъ тӏатӏала виза сабаблъун Гӏабдурашид хутӏана Европаялъул чемпионаталъул шапакъатги щвечӏого. Гъоркьисаго гӏадаб жо гьабун букӏана гьесие 2024 соналъ Бухаресталда букӏараб Европаялъул чемпионаталде унагоги. Тӏадбан гьениве ине хӏадурлъулаго, визаялъе инкарги гьабун, хутӏун рукӏана гьевги, Къурбан Шираевги, Заур Угуевги. Хадуб, Испаниялдаса нухги балагьун, гьезул шенгеналъул визаги щун, дунялалъул свериги гьабун, квешги лъикӏги, носол балалъин абухъего, Румыниялде ворчӏарав Гӏабдурашид нахъчӏвана Бухаресталъул аэропорталда таможняялъул хӏалтӏухъабаз. Гьедин кӏиго соналъ тӏатӏала Европаялъул чемпионаталдасаги махӏрумлъун жакъа дунялалда бищунго машгьуразул цояв гугарухъан Гӏабдурашид хутӏана щвезе рес букӏараб кӏиго шапакъатги гьечӏого.\nГьединго санкцияз гьесие нух къана 2024 соналъ Парижалъул роолал олимпиадаялъул хӏаязда гӏахьаллъизеги. Виччачӏо Гӏабдурашид гъоркьиса Хорватиялда букӏараб дунялалъул чемпионаталдеги. Хӏасил, санкциязул гизма сабаблъун Россиялъул ва дунялалъул бищун титулал гӏемерав гугарухъан махӏрум гьавуна: кӏиго Европаялъул, цо дунялалъул ва гьединго лъабабилебги Олимпиадаялъул меседил шапакъат щвезе букӏараб ресалдаса. Лъилниги щаклъи букӏинчӏо Гӏабдурашидица лъабабилебги Олимпиадаялда бергьенлъи босизе букӏиналда. Гьеб букӏинаан нилъее кӏудияб рохеллъун ва чӏухӏилъун. Белоруссиялдаса Александр Медведида ва Хасавюрталда гӏурав гугарухъан, чачанав Бувайсар Сайтиевасда аскӏоб цӏар хъвазе мустахӏикъав чи вукӏинаан гьев. Пайда щиб…\nГӏабдурашидие гьарула цӏияб нухда цӏиял бергьенлъаби росизе икъбалги Аллагьасул рахъалъан квербакъиги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "ragul-gugaj-kotiiyalde-hulalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ragul-gugaj-kotiiyalde-hulalda", "title": "Рагъул гъугъай къотӏиялде хьулалда", "date": "2026-01-23 15:11:15", "categories": ["insan", "obshestvo"], "text": "Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачӏана хасаб рагъулаб операциялъул (СВО) гӏахьалчи Мурад Багьилов. Гьев ккола Гъуниб районалъул Къорода росдал школалъул директорги. РФялъул президент Владимир Путиница мобилизация лъазабураб мехалда, гьеб ахӏуе жаваб кьуразул тӏоцересезул кьерда вукӏана Мурадги.\n— Гьабсагӏаталда нуж кинаб бакӏалда ругел, Мурад?\n— СВОялде аралдаса, ай 2022 соналъул 24 сентябралдаса нахъе дун вукӏана Запорожье областалда. Малый Токмачка ва цогидал бакӏал нацистазукьа эркен гьариялъул рагъазулъги гӏахьаллъана. Декабралъул ахиралде отпускалъ рокъове витӏана дун. Метер тӏадвуссинеги ккола. Дораса кӏалъана полигоналде вачӏаян, ниж батӏияб бакӏалде ритӏизе ругилан. Кир рукӏине ругел – мухӏканго дида жеги лъаларо.\n— СВОялъул кинаб рахъалда жакъа хӏалуцин цӏикӏкӏараб бугеб?\n— Парахатаб бакӏго букӏинищха, кьалда ругелъул. Амма хӏалуцин цӏакъго цӏикӏкӏунеб буго Херсоналда. Днепралъул доб рахъалда – нацистал, гьаб цояб рахъалда – нилъерал. Гьедин гьабуна генерал Суровикинил буюрухъалда рекъон. Нилъерал гьаб рагӏалде рачинчӏелани, 15 азаргогӏанасев рагъухъан чӏваялъул хӏинкъи букӏана. Гьел цӏуниялъул мурадалда генералас аскар нахъе бачана.\nГьелдаса нахъе доз кутакалда хӏаракат гьабулеб букӏана нилъерал Херсоналдаса тӏуранго нахъе рачахъизе, амма жидер рахъалде рачӏунезе кьварараб дандечӏей гьабулаан нилъераз. Гӏемерал нацистазе ахир лъуна гьениб. Чӏинкӏиллъаби гӏемераб бакӏ буго гьеб. Аслияб куцалда буго дроназул рагъ. Гьабгощинаб заманалда нилъерал цере инчӏеб бакӏги ккола Херсоналъул ракь. Дир пикруялда, гьанже гьенибе кьаби щвезабизе батила нилъераз.\n— СВОялъулги Кӏудияб Ватӏанияб рагъулги заман (халалъиялъул рахъалъ) бащалъанилан тӏибитӏизабулеб буго социалиял гьиназдаса. Хӏасил кинаб бугеб?\n— Луганск Республикаялъул ракьазул 99,9 процент нацистазухъа бахъана. Донецк Республикаялъул 10-12 процент хутӏана эркен гьабизе – гьениб бахъичӏого хутӏун буго Славянск ва Краматорск шагьарал. Запорожьеялъулги 80-ниги процент нилъеразухъ буго – Запорожье шагьаралде щвезе 15 километр хутӏун буго.\n— Гӏезегӏан ракь эркен гьабуна гьениб, рагъуе ахир лъелародай?\n— Рагъ лъугӏи – гьеб буго дова вугев нилъер щивав рагъухъанасул бищунго кӏудияб анищ. Нацистазулгун заманалъулаб рекъел гьабизе бегьуларо. Цо-кӏиго анкьил болжалалда метргун бащалъиялъул биццатаб бетоналъул щулалъаби гьарула доз. Нилъер рагъулаб нухмалъи гьелда разилъиларо.\nРагъуе ахир лъезе ккани, нилъер аскариял ругеб бакӏалдаса 150-200 километралъул манзил эркенго чӏезабизе ккола. Щай? Дозул дроналги ракетабиги нилъеразухъе гӏунтӏунгутӏизе, нилъер улкаялъе гьездаса бугеб хӏинкъи тӏагӏинабизе. Днепропетровск, Сумск, Харьковск областал – гьениб, нилъер аскариял дора гьечӏониги, кьвагьа-гӏанхъи букӏуна, яргъил нахърателал, гьеб гьабулел цехал, цӏатари сокӏкӏарал бакӏал кьвагьизарула. Гьел ракьал рукӏине ккола «буфернияб зоналъун». Гьелде тӏадеги, Николаев, Одесса шагьарал Украинаялъухъ тезе бокьиларо нилъер улкаялъе. Гьеб буго гӏицӏго дир пикру.\nБатӏияб иш буго, нилъераз тӏалаб гьарулел шартӏазда дол разилъани. Кӏочене бегьуларо: нилъеда данде къеркьолеб буго тӏолабго Бакътӏерхьул Европа. Аслияб къагӏидаялда жакъа нилъеде данде рагъулел руго къватӏисел улкабаздаса солдатал. Европаялъ Украинаялъе кьолел руго 500 километралъул манзилалде роржунел ракетаби. Гьедигӏанасеб яги гьелдаса цӏикӏкӏараб манзил букӏине ккола нилъер гӏорхъабазда гьоркьоб. Гьанжени Европаялдаги бичӏчӏулеб бугин ккола, жидер хӏаракат гӏададисеб бугеблъи. Гьеб буго гӏорхъодаса щугогӏан километралда нилъераз «Орешник» кьвагьиялъул хӏасил. Гьебги кьвагьизабуна боеголовка гьечӏого. Долъул къуватги гучги бихьидал, кантӏана гӏемерисел.\n— Нилъер аскариязул аслияб къагӏида, гьужум (тактика) кинаб бугеб?\n— Гӏемерисел бакӏал нилъераз рахъула тушманасда нахъасан тӏадеги кӏанцӏун. Бадиса бадире рагъ гьабулел бакӏал нацистаз кутакалда щула гьарула. Гьел рахъизе къеркьолаго, гӏемерал камиял ккеялъул хӏинкъи буго. Гьединлъидал, тушманасул загӏипал рахъалги ралагьун, балъгоял маневралги гӏуцӏун, тохлъукье тӏаде кӏанцӏула нилъерал. Нилъер солдатал тӏаде рачӏунел рихьидал, бугелъуб ярагъги, документалги рехун тун, лъутизе гӏамал гьабула доз. Гьедин бахъана Гуляй-поле ва цогидал бакӏал.\n— Мун вуго учитель. Эркен гьарурал ракьазда гӏумру гьабулеб халкъалъул хӏакъалъулъ кинаб пикру бугеб дур?\n— Гьелги руго батӏи-батӏиял. Цоязул кӏал гьиманиги, берал ццидал цӏун рукӏуна. Цогидал – ракӏ разиял, нилъеразе кумекалъе хӏадурал, амма кутакалда хӏинкъизарурал руго. Батӏи-батӏиял шагьаразда щивасул лъимал ругелъулха, нилъеразулгун бухьен халлъарабго, гьезие гӏакъуба кьезе бегьула.\nАраб гӏасруялъул ахиралда гьарурал дозул лъималазе щун буго тӏубанго батӏияб тарбия. Хисизабураб, жидее санагӏатаб рахъалде сверизабураб тарих малъун буго дозда. 20-30 соналъ кьураб тарбиялъул хӏасил – бетӏер сверараб гӏел!\nЭркен гьарурал ва Россиялда гъорлъе лъугьарал ракьазда ругел гӏадамазда бихьулеб буго кӏиябго пачалихъалъул бербалагьиялъулъ бугеб батӏалъи. Цо гӏадан йиго азбар лъухьулей. Украинаялда гъорлъ ругеб заманалдаги гьебго хӏалтӏи букӏанила жиндир ва щолаанила 2000 гривна (гӏага-шагарго 4000 гъурущ). Анкьго соналъ гӏарацги бакӏарун босанила жинца гьаб курткаян бихьизабуна гьелъ жиндаго ретӏараб хинаб куртка. Гьанже гьелъие щолеб буго 60 азарго гъурущ. Россиялъ гьедин адаб гьабулей дие Украина щибизеян абуна гьелъ.\nГьединал пикраби руго чӏахӏиязул. Гьел урхъун руго советияб адабияталъухъ. Ленинил томгӏаги босе жидееян гьарана гьез дида. Дица цадахъ босулеб руго лъабго тӏехь: Борис Полевоясул «Повесть о настоящем человеке», Николай Островскиясул «Как закалялась сталь» ва Расул Хӏамзатовасул «Молитва».\n— Къватӏисел улкабаздаса рагъухъаби ругищ гьанжеги нилъеде данде рагъулел?\n— Руго, гьезул цӏикӏкӏараселги – полякал, колумбийцал, Литваялдасагун Латвиялдаса. Гьезул ункъо легион гъурун бахъана. Захӏматаб хӏалалде ккедал, лъутизе гӏамал гьабула доз. Гьаниб гӏурусазул дандечӏейго букӏине гьечӏин, кинабгӏаги захӏмалъи бихьичӏого, гӏемераб гӏарац щолин маргьабиги рицун, рачӏарал гьезда бихьулеб буго нилъер солдатазул къвакӏиги бажариги. Украинаялъулал жалго жидецаго чӏвала, асирлъуде ккунгутӏизе. Бандерачагӏаз хӏаракат гьабула чӏаго хутӏизе.\nНилъеразде гьесарал руччабазул цоялъ абуна, жиндир чагӏиги ругила дозул рахъалда рагъулел. Дозие бокьилаанила Россиялде рачӏине, амма щварал шапакъатазулги ккарал лъугьа-бахъиназулги цӏех-рех гьабизе бугелъул, жидее гьаб рахъалда лъикӏ букӏинарилан абулила. Зулму гьабун рагъде ритӏун ругелъул, рагъазулъ гӏахьаллъичӏого рорчӏилищха. Цогидалъ бицана, васас жиндие гӏарац битӏун бачӏунилан: жиндирго картаялдаса Польшаялъул яги цогидаб пачалихъалъул картаялдеги битӏун, хадуб щолила гьеб жиндихъе. Гьедин кӏийиде рикьун руго дозул хъизамал.\n— СВОялде инелдеги жакъаги Мурад Багьилов хисун вугищ?\n— Рагъулъ цо къоялъниги гӏахьаллъарав, доба бугеб хӏал хӏехьарав чи хисичӏого хутӏуларо. Рокъосезги абула, дун хъачӏлъун вугилан.\n— Гьезулгун бухьен гьабизе, телефоналдаса гьезухъе кӏалъазе къварилъи букӏунищ?\n— Гьединаб заманги камуларо. Дицани лъазабун буго хъизаналдаги лъималаздаги, дун кӏиго-лъабго къоялъ яги цӏикӏкӏараб заманалъ кӏалъачӏогоян абун, ургъел чӏван рукӏунгеян. Кидаго гурелъул рес букӏунеб рокъосезухъе ахӏизе. Нижеца хъизамазда малъула, бухьеналда рукӏинчӏониги, чӏахӏиязда, ай эбел-инсуда, сон хъвадаранин яги кӏалъалев вукӏанин бицеян. Щайгурелъул чӏахӏиял чагӏи къварилъун тезе бегьуларо. «Дихъе ахӏуларо, чӏужу хиралъун йихьула дуе», — ян эбелалъул бадибчӏвайги букӏуна. Долъ абулелъулха эбелалда, жиндихъе кӏалъанин, кинабго лъикӏ бугин, ургъел гьабугеян абун. Гьанже кӏицӏул цӏикӏкӏун эбелалъухъе кӏалъалаха, барщунгутӏизе (гьимана).\nМурад гьанже вуго медицинаялъул взводалда. Бокьараб заманалда къватӏире рахъине ккола гьел, лъукъарал солдатазул тӏалаб гьабизе. Тохлъизе бегьулареб иш буго гьеб. Гьединлъидал лъукъаразе кумекалъе рахъине хӏадурго рукӏунин абуна гьес.\nГара-чӏвари гьабуна Мадихӏат Хӏажиевалъ."}
{"slug": "giabduhialim-machaev-kiri-bugeb-ishalde-vussine-shhvej-bugo-dir-talihi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giabduhialim-machaev-kiri-bugeb-ishalde-vussine-shhvej-bugo-dir-talihi", "title": "Гӏабдухӏалим МАЧАЕВ: «Кири бугеб ишалде вуссине щвей буго дир талихӏ»", "date": "2026-01-23 15:31:57", "categories": ["insan", "obshestvo", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Гьал къоязда ниж щвана «Гӏазим» абураб гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул генералияв директор, гьелъул учредителазул цояв Гӏабдухӏалим Мачаевасухъе. Фондалъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицун гьабуна гьесулгун гара-чӏвари. Гьес чанго соналъ нухмалъи гьабуна Гъуниб районалъе, хӏалтӏулев вукӏана Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулевлъун, вукӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.\n— Гӏабдухӏалим, мун гӏемерал соназ хӏалтӏана нухмалъиялъулал хъулухъазда. Кин ккарав гурхӏел-рахӏмуялъулаб ишалде, кин ва лъида ракӏалде ккараб «Гӏазим» фонд гӏуцӏизе?\n— «Гӏазим» фондалъул бицен ккана Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулевлъун вукӏараб мехалдаго. «Зеленое яблоко» тукабазул мухъ, «Перец групп» абураб жамгӏияб кванил нигӏматал ричулел бакӏал ва тукаби данде гьарураб компания буго щибаб лъагӏалие жидер магӏишаталдаса закагӏат бахъулел. Компаниязул нухмалъулел ккола Зиявудин ва Мустӏафа Гӏабдурахӏмановал, Идрис Шагьназаров. Гьел ккола фондалъул учредителалги. ДРялъул Жамгӏияб палатаялда хӏалтӏулеб мехалдаго гьел гӏолохъабигун цадахъ нижеца, ресукъазул сияхӏги гӏуцӏун, ,бикьулаан рехсарал компаниязул магӏишаталдаса бахъараб закагӏат. Компаниялги кӏодолъулел ругин ва закагӏат бахъараб гӏарац шаргӏалда рекъон кьезе кколеб бакӏалде щвезабизе къваригӏун бугин абун, нижеца хӏукму гьабуна гурхӏел-рахӏмуялъул фонд гӏуцӏизе. Закагӏаталъул гӏарац шаргӏалда рекъон кьезе кколеб бакӏалде кьезе, гӏарац кибе унеб бугебали мухӏканлъи чӏезабизе хӏажат букӏана. Гьедин, 2020 соналда гӏуцӏана «Гӏазим» фонд. Аль-Гӏазим абураб Аллагьасул цӏаралъул магӏна ккола — Тӏадегӏанав абураб.\nДида чангояз гьикъана хӏакимлъиялда, нухмалъиялда хӏалтӏулев вукӏарав чи, гьанже гьебги рехун тун, гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏуде вуссиналъе гӏилла щибилан абун. Дица гьеб дирго талихӏлъун рикӏкӏуна. Батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏаниги, гӏумруялъул ахиралде щведал, ахираталда диего батулеб, кири цӏикӏкӏараб ишалде вуссине щвей буго дир талихӏ.\n— Дагъистан рикӏкӏуна улкаялдаго бищун цоцаздехун гурхӏел-рахӏму цӏикӏкӏараб ва кумекалъе кидаго хӏадураб регионлъун. Руго нилъер гьанир гурхӏел-рахӏмуялъул чанги фондалги. Цогидазда дандеккун, нужер фондалъул хаслъи щиб?\n— Нижеца, цогидал фондаз гӏадин, гӏарац бакӏаруларо. Кӏудиял дармил компанияз бахъараб закагӏат бачӏуна фондалде, хадуб гьеб бикьула шаргӏалда рекъон закагӏат кьезе кколел гӏадамазе. Фондалъул хӏакъалъулъ гьанже цӏикӏкӏун лъараб мехалда, жидерго рахъалдаса закагӏатгун рачӏунел руго цогидал предпринимателалги. «36.6» абураб аптекаялъ 2-3 миллион бачӏуна, гьединго цогидал чӏахӏиял ва гӏисинал тукабазги байбихьана закагӏат, нижер фондги гьоркьобккун, кьезе.\nГӏарац бугел чагӏи республикаялда гӏемер руго, амма киназго гуро закагӏат бахъулеб. Щибаб соналда гӏага-шагарго 30-35 миллион гъурущ кьола «Зеленое яблоко», «Перец групп» компаниязул нухмалъулез. Цо-цо агрофирмабаз ва гӏуцӏабаз бачӏараб гӏарацги тӏаде жубан, лъагӏалида жаниб гӏага-шагарго 40-42 миллион гъурущгӏанасеб гӏарац бачӏуна фондалде.\nРамазан моцӏ ахиралде щвелалде нижеца фондалде бачӏараб гӏарац бикьун лъугӏизабизе ккола. Кӏиго миллион гъурущ гӏарац хутӏун буго гьабсагӏат фондалда. Гьале жакъаги Бацӏада росулъ рукъ бухӏараб хъизамалъе 500 азарго гъурущ кьуна фондалъ.\n— Мина бухӏарал гӏадамазе кумек гьабулелъул, щиб хӏисабалде босулеб? Кин чӏезабулеб чан гъурущ гьеб хъизамалъе кумек гьабун кьезе бугебали?\n— Ккараб заралалъухъ балагьун, мина цӏидаса базе яги къачӏазе кигӏан гӏарац къваригӏунебали халгьабула. Гьениб букӏараб къайиялъул хӏисаб гьабун, кинаб зарал гьеб хъизамалъе ккун бугебали хӏисабалдеги босун, кьезе кколеб гӏарцул къадар чӏезабула.\n— Закагӏаталъе бачӏараб гӏарац лъие кьолеб, кин гьеб хӏалтӏизабизе бегьулеб? Диниял гӏалимзабазулгун дандбалищ гьеб хӏалтӏи?\n— Гьелъул рахъалъ гӏалимзабаздаги цӏехон, цӏех-рех гьабун буго байбихьудаго. Гӏалимзабазулгун бухьенги букӏуна. Къуръаналда бихьизабун буго закагӏат кьезе бегьулеб микьго рахъ. Гьезда гьоркьоса цо-цоязул жакъа хӏажалъи гьечӏо (лагълъиялдаса тархъан гьари). Закагӏат кьолезда гьоркьор руго мискин, пакъир, жамгӏиял хӏалтӏаби гьарулаго налъукье ккарав чи. Ригьин-цӏа гьабулев, рес гьечӏев чи налъукье ккун ватани, гьесулги налъи закагӏаталъ бецӏизе бегьула. Жамагӏаталъе гьабулеб хӏалтӏуе гӏоло ккараб налъи бецӏизе бегьула закагӏаталъ.\nНижеца сборги лъазабун гӏарац бакӏаруларо, гӏицӏго «Зеленое яблоко» абурал тукабазда лъун ругел къалабазухъе гӏадатиял гӏадамаз садакъаялъе бараб гӏарац гурони. Гьениса кӏудияб гӏарац бачӏунаро. Гьеб хӏалтӏизабула закагӏаталъул гӏарац хӏалтӏизабизе бегьулареб бакӏалда.\nГӏадамазе гурхӏел-рахӏмуялъулаб кумек гьабулелъул пайда босула цогидал фондазул хӏалбихьиялдасаги. Нижехъе фондалде рачӏуна рес къотӏарал гӏадамал. Цо-цо камуларо яхӏ гьечӏел, гьереси бицун рачӏунелги. Цогидал фондазулгун бугеб бухьеналдаса пайда босула гьеб мехалда. Нижеца гӏуцӏун буго батӏи-батӏиял фондазул гӏаммаб картотека. «Инсан», «Надежда», «Чистое сердце». Гьезул цоялдегӏаги кумек гьарун вачӏарав чи, кӏиабилеб нухалда цоги фондалдеги гьебго мурадалъ вачӏани, хехго лъазе кӏола, нижер гӏаммаб базаялдаса.\n— Бищунго гӏемер кумек гьарун щал рачӏунел? Тӏоцебесеб иргаялда, лъие кумек гьабулеб?\n— Аслияб къагӏидаялъ фондалде рачӏуна рес гьечӏел ва налъукье ккарал гӏадамал. Гьезие кумек гьабизе щвейги кӏудияб кири ва талихӏ буго.\nРамазан моцӏалъ 16-20 миллион гъурущ бачӏуна «Зеленое яблоко» тукеналъ. Гьезул вуго 5000-гӏанасев хӏалтӏухъан. Гьезда гьоркьор рукӏуна моцӏрое мухьги кьун квартирабазда гӏумру гьабулел, росасул квербакъи гьечӏого хӏалтӏулел руччаби ва цогидалги ресукъал гӏадамал. Гьезие закагӏат кьола «Зеленое яблоко» тукабаздаса закагӏат бахъун бачӏараб гӏарцудаса.\nЦӏакъго гӏемерлъун буго онкология, лъималазул аутизм унтаби. Гьезие реабилитация гьабизе гӏарац гьарун рачӏуна. Гьел сах гьаризе ФОМСалъ гӏарац кьолеб бугони, нижеца рекӏадухъ гурони гӏарац кьоларо.\nЗакагӏат бахъун гӏадамазе кьолеб гӏарцул гӏодобегӏанаб къадар буго 30-35 азарго гъурущ. Чанго моцӏалъе яги рес рекъезегӏан квартираялъухъ гӏарац кьола, налъаби рецӏула.\nЦо-цоял рачӏуна 400-500 азарго гъурущ къваригӏун бугин. Нижеца халгьабула сундуе гьеб къадаралда гӏарац къваригӏун бугебали. Нижеда божун кьун бугелъул закагӏаталъул гӏарац, нижеда тӏад букӏуна гьелъул жавабчилъиги. Метер къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебеги жаваб кьезе кколелъул дица гьелъул. Жавабчилъи цӏакъ кӏудияб иш буго гьаб.\n— Закагӏаталъе гӏарац кьуразда цебе, гьеб лъие кьурабали хӏисаб кьолищ нужеца?\n— Нижеца гьабураб хӏалтӏул хӏисаб кьун буго «Гӏазим» фондалъул сайталда. Лъие чан гъурущ кьурабали, щивасул цӏар ва щиб къварилъи-захӏмалъи букӏарабали бихьизабун, лъагӏалица гьабураб хӏалтӏул сияхӏ буго сайталда. Фонд гӏуцӏаралдаса нахъе закагӏаталъе кьун буго 150 миллионгӏанасеб гъурущ. Учредителазеги, гьединго бокьарав чиясеги рес буго сайталдеги раккун информациялъухъ халгьабизе.\nНижеца щибаб рамазан моцӏалъ чамасдакгун лъел шушби рикьула нухазда (30 азарго шиша). «Гъунисезул гӏолилал» абураб волонтеразул къокъаялъ кумек гьабула гьеб бикьизе. Къурбан къоялъ Гъуниб районалда 25 гӏиялъажо хъола. Гьениб кумек гьабула «Инсан» фондалъул волонтераз.\nГъоркьиса ниж гӏахьаллъана «Забота» НКОялъ гӏуцӏараб «Социалияб такси» абураб программаялда. Коляскаялда гурони хьвадизе бажаруларел ресукъал гӏадамаз тохтурасухъе ине ва цогидал хӏажалъаби тӏуразе, 10 нухалда рекӏадухъ гӏарацги кьечӏого хӏалтӏизабизе бегьула гьеб программаялда рекъон такси. Ресукъал инвалидазе «Социалияб таксиялъухъ» кьезе миллионгун 200 азарго гъурущ биччана «Гӏазим» фондалъ.\n«Гӏазим» фондалъ ресукъал имамзабазеги харжал кьола. Батӏи-батӏияб заманалда 15 азарго гъурущ кьолаан моцӏрое. Имамзаби жамагӏаталъ хьихьизе ккола, амма цо-цо бакӏазда гьелъул тӏалаб гьабулеб гьечӏо. Щибаб лъагӏалица хисун батӏи-батӏиял росабалъе ритӏулел имамзаби гӏемерисел рукӏуна ресукъал. Жамагӏаталъги кьолеб гьечӏони, гьезие кумек гьабизе ккеларищха. «Инсан» фондалъ гьабула гьезул сияхӏ ва кьола харж. Гьеб фондалдаса хӏал бикьун, нижецаги кумек гьабула. Гъоркьиса нижеца имамзабазе харжалъе 2,5 миллион гъурущ кьуна. Гьеб буго рес гьечӏел имамзабазе закагӏат хӏисабалда кьолеб гӏарац.\nНижер гӏадат буго щибаб соналда рес гьечӏел хъизамазул лъималазе школалде ине хӏажатаб къайи босулеб. Цебе кумек гьабулаан Гъуниб районалъул школлъималазе, гьанже хъутабазда ругезеги гьабизе байбихьун буго.\nФондалъ кумек гьабизе къайимлъиялда гъоркье росарал хъизамалги рукӏуна. Рес рекъезегӏан кумек гьабула цо-цо хъизамазе. Масала, лъабго-ункъо соналъ нижер къайимлъиялда гъоркь рукӏарал, хадуб жидецаго жалго хьихьизе рес рекъарал гӏадамал гьеб сияхӏалдаса нахъе росула.\n— Гъуниб районалда гуреб цогидал районазда гьабуларищ гьединаб кумек?\n— Фонд букӏин гӏадамазда гьоркьоб лъаралдаса рачӏине байбихьана цогидал районаздасаги гӏадамал. Буйнакскиялдаса инвалидазул къокъа буго нижеца квербакъи гьабулеб. Хъутаналда ругезги закагӏат щолезул сияхӏ бакӏарулеб буго. Гьединазул сияхӏ кӏудияб букӏунаро.\nЗакагӏат кьезе бегьулеб букӏарабани, дица гьеб кьелаан букӏараб росабалъе гӏумру гьабизе тӏадруссун арал гӏадамазе, росулъ магӏишат цӏигьабулезе.\n— Букӏинеселде кинал планал ругел фондалъул? Ругищ цӏиял проектал?\n— Байбихьуда нижеца закагӏаталъе бачӏараб гӏарац, закагӏат бахъулел компаниязул ресукъал хӏалтӏухъабазда гьоркьоб бикьулаан. Хадуб фондалде бачӏунеб гӏарац цӏикӏкӏиндал гӏуцӏана цо-цо кумекалъулал программабиги: «Къурбан», «Нухда ифтар», «Лъимал школалде къачӏай», «Забота», «Социалияб такси» ва цогидалги программаби. Руго жеги цӏиял пикрабиги. Гьезие ресал ралагьулевги вуго.\nГӏолеб гӏелалда рахьдал мацӏ малъизе, гьеб цӏуниялъе ресал ратиялда тӏад ургъулев вуго. Лъикӏ цӏалулел цӏалдохъабигун студентазе стипендия кьезе бокьун буго. Амма стипендиялъе закагӏаталъул гӏарац кьезе бегьуларо. Фондалде гӏарац кьолелъул гьев чиясулгун къотӏи гьабизе кколеб буго гьеб гӏарац закагӏаталъе гуреб, пуланаб ишалъе квербакъиялъе хӏалтӏизабизе кьолеб бугин абун. Гурони, закагӏаталъул гӏарац бегьуларо гьединаб ишалъе хӏалтӏизабизе.\nГъуниб районалда хӏалтӏулелъул нижеца ургъун букӏана, Хархаровас ва Хӏамзатовас гӏарацги рехун, районцоязе стипендиял кьолеб «Поколение» абураб фонд. Районаз цадахъ гьабулеб букӏарабани, бажарилаан гьеб иш.\nБихьулеб буго магӏарул мацӏалъул иш лъикӏ гьечӏеблъи. Гӏисинал лъималазда гьеб лъалеб гьечӏо. Шагьаразда гӏумру гьабун ругезул бицинарин, росабалъ ругездацин лъалеб гьечӏо.\nГӏабдухӏалим Мачаевасулгун гара-чӏвариги лъугӏун нахъе унел рукӏаго тӏаде вачӏана «Инсан» фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Мусаев. Гьел рачӏун рукӏана ресукъал имамзабазул сияхӏги босун. 70 имам вугоан закагӏат щолезул сияхӏалда. Лъикӏаб ишлъун ккола гьединал гурхӏел-рахӏмуялъул фондал цадахъ рекъон хӏалтӏулел рукӏин ва цоцазул хӏалбихьияздаса пайда босулеб букӏин.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "grippalul-guzhum", "url": "https://hakikat.info/?nationals=grippalul-guzhum", "title": "Гриппалъул «гьужум»", "date": "2026-01-23 15:35:49", "categories": ["med"], "text": "РФялъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, регионазда тӏибитӏун буго грипп унти. Тохтурзабазги абулеб буго февраль моцӏалда гьеб жеги хӏалуцине бегьулиланги.\nДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, жакъа Дагъистаналда гриппалда данде прививка гьабун буго 510 азарго чиясе. Планалда буго халкъалъул 45 проценталъе, ай миллионгун 370 азарго чиясе прививка гьабизе. Гьенибго бицухъе, 2025 соналъул декабралда Дагъистаналда гриппалъ унти цӏикӏкӏун буго 29 проценталъ, гъоркьиса букӏараб хӏалалде дандеккун.\nГьеб хӏалги хӏисабалде босун, ниж дандчӏвана республикаялъул рахунел унтабазул больницаялъул кафедраялъул доцент, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, ДРялъул мустахӏикъав тохтур Гӏабдурахӏим Хӏусниевгун ва гьабуна гьадинаб гара-чӏвари.\n— Гӏабдурахӏим, тӏоцебесеб иргаялда гриппалъ щал унтулел?\n— Иммуннияб гӏуцӏи загӏипаб букӏиналда бан, тӏоцебесеб иргаялда гриппалъ унтиялдалъун гӏумруялъе хӏинкъи бугеб къокъаялда гьоркьоре уна лъимал, херал чагӏи, халатрахъарал унтабаз кӏвекӏулел, лъимаде ругел руччаби, ВИЧ-СПИДалъ унтарал, рекӏел унтаби ва рак унти бугел гӏадамал.\nЖакъа Дагъистаналда тӏибитӏун буго кӏиго батӏияб тайпаялъул грипп: гонконгалъулаб ва заманалъулаб (сезонияб). Гонконгалъулаб грипп буго гӏемерго захӏматабги. Гӏемерисеб мехалда гьелъ унтула гӏолохъанаб гӏел. Араб гӏасруялъул 60-70-абилел соназдаги Дагъистаналда тӏибитӏун букӏана гонконгалъулаб грипп, гьанже гьеб тӏадбуссун бачӏун буго. Жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъул гьечӏо гьелда данде къеркьон бажарулеб иммунитет. Гьелдалъун гьел захӏматаб куцалда унтулелги руго.\n— Гонконгалъулалдаги хасалил заманалъулаб гриппалдаги гьоркьоб щиб батӏалъи бугеб?\n— Гонконгалъулаб букӏуна захӏматаб, гӏемераб мехалъ тӏаса унареб, цӏа-кан бахунеб, щекъер унтулеб, гьуърул гьоролеб.\nГрипп букӏуна лъабго батӏияб тайпаялъул вирусазул (штамм):\n(HINI), (H3N2) ва В/Colorado/06/2017. Аслияб куцалда Дагъистаналда тӏибитӏун буго кӏиго батӏияб тайпаялъулаб. Гьез унтичӏого рукӏиналъе прививка гьабизе ккола, унти багъарилалде кӏиго-лъабго анкьалъ цебе, тохтурасул бербалагьиялда гъоркь. Жакъа грипп тӏибитӏиялъе бугеб аслияб гӏилла ккола гӏадамаз жиндир заманалда гьелда дандечӏолеб прививка гьабулеб гьечӏолъи.\n— Гриппалъул аслиял гӏаламатазул бицани…\n— Гриппалъ черхалъул цӏа-кан бахинабула 37-39 градусалде, гьединго букӏуна бетӏер унти, ракӏбагъари, лагӏи, кваназе бокьунгутӏи.\nГриппалда хадуб бачӏуна магӏазукъалал руччи, щекъер унти, мукъулукъ гьорой, букари. Кӏиабилеб, лъабабилеб къояз байбихьула хъегӏи ва каранда жаниб бакӏлъиялъулаб асар лъугьин. Гриппалъул букӏунаро, гӏадатияб къватӏул унтул (ОРЗ) гӏадаб, бачӏинахъего мегӏер чвахиги хъегӏигун хӏалценги.\n— Гриппалъ унтарав больницаялда вегизе кколищ?\n— Грипп букӏуна батӏи-батӏияб: бигьаяб, гьоркьохъеб, захӏматаб ва загьруяб.\nБигьаяб ва гьоркьохъеб формаялъул грипп рокъобго сах гьабула, захӏматаб ва загьруяб бугони, больницаялда регизе ккола, хасго рекӏелгун бидурихьазул ва гьуърузул халатрахъарал унтаби ругел чагӏи.\n— Гриппалъ унтарал чагӏи хвеялда хӏинкъи букӏунищ?\n— Нусго соналъ цебе «Испанка» (HINI) абулеб тайпаялъул гриппалъ щибаб соналъ холев вукӏана миллион чи. Гьеб букӏана гриппалдаса цӏунулеб вакцина гьечӏеб заман. Нилъер заманалдаги щибаб соналъ гриппалдалъун дунялалдаго хола 250-500 азарго чи. Дагъистаналда гриппалдалъун чи хвей ккола къанагӏатаб лъугьа-бахъин.\nЖибго гриппалдалъун чи холаро, гьелъ захӏматаб хӏалалде ккезарула унтарал ва загӏипал лугби. Вирусалъулаб гьуърул гьорой, рекӏел ччобори загӏиплъи, менингит, энцефалит, ургьисалабазул ва тӏулал гӏунгутӏаби гӏадал унтаби ругел чагӏи гьелъ загӏип гьарула, хӏатта хвезеги рес буго.\n— Гриппалдаса цӏуниялъе кинал тадбирал гьаризе кколел?\n— Аслияб куцалда гьел тадбиразда гьоркьобе уна: лъикӏаб квен, черх лъадари, щибаб къоялъ бацӏцӏадаб гьаваялда тира-свери, кверал чури, цӏияб гьава рокъобе биччай. Гьединго грипп тӏибитӏараб заманалда гӏемерал гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏей, чара гьечӏого ине кколев вугони, кӏалалда, гьурмада маска бай, хъегӏулев чиясдаса 1,5-2 метралъ рикӏкӏад чӏей, жамгӏиял бакӏазда магӏазукъалазда, кӏалалда ва беразда квер хъвачӏого тей. Беццараб буго рокъове щведал, сапун бахун, кверал чури, магӏазукъалал цӏамул лъеца чури, иммунитет цӏикӏкӏиналъе, къойида жаниб цо чайдул гъуд гьоцӏо хӏалтӏизаби.\nГриппалдаса цӏуниялъе кӏудияб пайда букӏуна ражи ва пер гӏадал умумузул дарабазулги.\n— Рес бугищ цо сезоналда жаниб кӏиго нухалъ гриппалъ унтизе?\n— Буго, гриппалда дандечӏолеб прививка гьабун гьечӏони, кӏиго нухалъги унтизе бегьула. Амма гьев унтула кӏиго батӏияб тайпаялъул (штамм) вирусалъ.\n— Унтани щиб гьабизе кколеб?\n— Рокъов чӏезе ккола. Рокъосезги унтарасулгун гьоркьоблъи дагь гьабила. Гьесие хъулухъ гьабулес чара гьечӏого гьурмада маска базе ккола. Унтарас цӏунизе ккола бусадул низам, гьекъела лимонгун чай ва, захӏматго унтани, тохтурасде хитӏаб гьабила. Щуго къоялъ, къойида жаниб ункъо нухалда, гьекъезе ккола осельтамивиралъул таблеткаби.\n— Грипп сах гьабиялъе хӏасил кьолел дараби ругищ?\n— Цӏа-кан цӏикӏкӏин, тату гьечӏолъи, бетӏер ва щекъер унти гӏадал гӏаламатал тӏатиндал, байбихьизе ккола гриппалдаса сах гьаризе. Чӏахӏиязул 38,5, лъималазул — 38 градусалде цӏа-кан бахинчӏого гьеб гӏодобе ккезабизелъун дараби гьекъезе бегьуларо. Цӏакъго цӏикӏкӏун цӏа-кан бахани, хӏинкъи букӏуна гьелъ ччорбал ва щукӏдул рукӏкӏинариялда, гӏадалнах жагъал гьабиялда. Цӏа-кан гӏодобе ккезабиялъе гьекъезе ккола осельтамивир ва арбидол, къойида жаниб — ункъо нухалъ. Загьруял жал ургьиса къватӏире инариялъе цӏикӏкӏараб къадаралда гьекъезе лъикӏаб буго чай, рахь, какао ва компот.\nГриппалъул тӏоцересел гӏаламатал тӏатарабго гьекъезе лъикӏаблъун рикӏкӏуна арбидол. Мегӏер чвахулеб яги буччун бугони, бидурихьал гӏатӏид гьаризелъун, магӏазукъалахъе тӏинкӏила тизин яги називин, гьеб инабизе бегьула жаниса мегӏер цӏамул лъеца чурунги. Щекъер унтулеб бугони, гьеб содадул лъеца ххулила.\nУнти байбихьун чанго къоялдасан, хъегӏиялда цадахъ захӏматго бачӏине бегьула ахтуги, гьеб мехалъ гьекъезе лъикӏаб буго лазолван, амбробене.\nАнтибиотиказ грипп сах гьабиялъе кумек гьабуларо, ай гьез вирусазе асар гьабуларо.\n— Хехаб кумек яги тохтур кида ахӏизе кколев?\n— Дараби хӏалтӏизаруниги лъабго къоялъ 38-39 градусалдаса тӏаде араб цӏа-кан гӏодобе кколеб гьечӏони. Хӏухьел цӏазе захӏмалъидал, каранда жаниб унти цӏикӏкӏиндал. Гьоркьосаго къотӏулареб бакъвараб хъегӏи ва цо къоялдаса цӏикӏкӏун ракӏбагъари яги лагӏи халатбахъунеб бугони.\nНури Нуриев"}
{"slug": "chiagoyab-klassikayal-ahiulel-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=chiagoyab-klassikayal-ahiulel-rugo", "title": "«Чӏагояб классикаялъ» ахӏулел руго", "date": "2026-01-26 14:37:26", "categories": ["kultur", "obrazovanie", "obshestvo"], "text": "Салам, хӏурматиял магӏарулал, «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулзаби, авар мацӏалъул учительзаби, рахьдал мацӏ бокьулел лъимал ва чӏахӏиял!\nЦоги нухалда баркула нужеда тӏаде щвараб цӏияб сонги. Баркат-рахӏмат гӏемераб батаги. Гӏемерлъаги нилъеда гьоркьор магӏарул мацӏги, тарихги, адабиятги бокьулел магӏарулал. Гьайгьай, нужер кумекалдалъун газеталъул гӏадатлъун лъугьун буго санайил «Чӏагояб классика» фестиваль-конкурс тӏобитӏи. Исанасеб фестиваль сайгъат гьабизе буго магӏарул прозаялъе, ай хабариял асаразе.\nКидаго гӏадин, гьенир гӏахьаллъизе бегьула учительзабиги, цӏалдохъабиги, гьезул эбел-эменги ва цогидалги. Къец тӏобитӏизе буго, гӏахьалчагӏазул соназда рекъон, чанго батӏияб бутӏаялда:\n1) Ясли-ахазул лъимал\n2) Байбихьул классазул цӏалдохъаби\n3) 5-8 классазул цӏалдохъаби\n4) 9-11 классазул цалдохъаби\n5) Учительзаби\n6) Хутӏарал чӏахӏиялги.\nФестиваль-конкурсалъул аслияб мурадлъун ккола гӏисиназулги чӏахӏиязулги авар прозаялде рокьи бижизаби, миллияб адабияталъул тарихги цоги нухалда ракӏалде щвезаби, хъвадарухъабаз нилъее тарал хӏикматал асаразул гъасда гьоболлъи бай, хадусел гӏелазе гьеб бечедаб хазина цӏуни. Гӏенеккарал паналъиледухъ хабариял асарал рикӏкӏун бажари — гьеб буго кӏудияб махщел. Арал соназда, гӏахьалчагӏи ругьунлъизегӏан, толеб букӏана кучӏдул рикӏкӏинеги. Амма кучӏдузул конкурсал цӏакъго гӏемер кколел руго. Гьенир гӏахьаллъулезул къадарги соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго. Гьединлъидал ракӏалде ккана гӏицӏго прозаялъул фестиваль тӏобитӏизе. Конкурсалда тӏасан суалалги гӏемерал рукӏунелъул, гьанирги гьарулел руго номинациял:\n1) Магӏарул хъвадарухъанасул асаралдаса\n2) Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асараздаса (магӏарул мацӏалде руссинарурал. Нужецагоги руссинаризе бегьула)\n3) Гӏурус адабияталъул прозаялдаса (нужецагоги руссинаризе бегьула авар мацӏалде)\n4) Гӏахьалчиясул асаралдаса (нужецагоги хъвазе бегьула бокьараб темаялда)\nИсанасеб сон улкаялъул президентас Россиялъул халкъазул цолъиялъул Лъагӏеллъун лъазабун бугелъул, нилъецаги авар прозаялъул исанасеб фестиваль сайгъат гьабулеб буго Халкъазул цолъиялъул лъагӏелалъе.\nНужерго хӏалтӏаби, ай магӏарул мацӏалда проза рекӏехъе цӏалулеб видео (цо-лъабго минут) битӏизе бегьула 20 марталде щвезегӏан. Фестивалалда гӏахьаллъизе, Махӏачхъалаялде рачӏине руго видео нижехъе битӏарал киналго гӏахьалчагӏи. Гьеб тӏобитӏизе буго Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда 25 марталда, ай цӏалдохъабазеги учительзабазеги тадбиралда гӏахьаллъизе санагӏалъи бугеб заманалда, Кӏалбиччанкъоялъул байрамги нухарегӏун, ихдалил каникулазул ахиралда. Гьеб ккола арбагӏ къо.\nГьединго букӏине буго хасаб номинация. Ш. Хъазанбиевалъухъе ва Мухӏамад Манаповасухъе ритӏарал хӏалтӏаби ритӏизе бегьула газеталъул телеграм-канал бачуней Патӏимат Султӏанмухӏамадовалъухъеги. Каналалъул подписчиказ кьезе руго гьаркьал. Щварал гьаркьазда рекъон кьезе руго бакӏалги.\nГьаниб гьадин мухӏканго хъван бугониги, цо-цоял кӏалъанги рачӏуна кучӏдул бегьуларищилан абун. Гьаб нухалда гӏицӏго прозаялъе кьезе буго къимат. Амма цо-цо гӏахьалчагӏазул хӏалтӏаби рукӏуна «Гьоболасул хӏама хӏортӏе бачанин. Гьекъаниги гьекъечӏониги, ургъел гьечӏин» абураб гӏадалги. Гьединал хӏалтӏаби рикӏкӏинеги гьечӏо. Гьадинабго цӏаралда гъоркь гӏурус мацӏалда тӏобитӏулеб конкурсги берцин бихьун, гьабулеб конкурс буго гьаб. Бокьилаан интернеталдаса халгьабизе, гӏурус мацӏалда цӏалдохъабаз асарал рикӏкӏунеб къагӏидаялъулъги. Гьединаб кӏудияб гьари буго цӏалдохъаби хӏадурулел учительзабаздеги.\nБакӏалги кьезе руго, церего гӏадин, жюриялъул членаз кьурал баллазда рекъон.\nа) 60 баллалде щвезегӏан — лъабабилел бакӏал.\nб) 61- 80 балл- кӏиабилел бакӏал.\nв) 81-100 балл — тӏоцересел бакӏал.\nЖюриялъе цӏакъго асар гьабураб щуго хӏалтӏи мустахӏикълъизе буго Гран-приялъеги.\nРехсолел руго цо-цо авторазул цӏаралги, нужеца жидер асарал, конкурсалде хӏадурулаго, хӏалтӏизаризе бегьулел:\n— Расул Хӏамзатов, Фазу Гӏалиева, Муса Мухӏамадов, Гӏарип Расулов, Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов, Гъазимухӏамад Гъалбацӏов, Мухӏамад Шамхалов, Ражаб Динмухӏамаев, Асадула Мухӏамаев, Патӏимат Муртазагӏалиева, Мухӏамад Сулиманов, Багъатар Хӏажиев, Хӏусен Хӏажиев ва цогидалги.\nБокьарав шагӏирасулги рукӏуна хабариял асарал. Масала, руго гьел Тубхӏат Зургьаловалъул, Гӏайшат Малачиевалъул, Мухӏамад Хириясулаевасул, Хӏасан Хӏабибовасул ва цогидазулги. Ясли-ахазул ва байбихьул классазул лъималазе гӏадал асарал рукӏуна «Лачен» журналалдаги «Хӏакъикъат» газеталъул «Бурутӏ» гьумералдаги.\nХӏалтӏаби ритӏизе бегьула гьал адресазде, кӏалъазе бегьула гьал номеразде:\n1) Шамай Хъазанбиева — 8-963-413-82-99; samay.kazanbieva@mail.ru\n2) Патӏимат Султӏанмухӏамадова, (телеграм-каналалъе) — 8-988-436-51-45; yasaypatimat@mail.ru\n3) Мухӏамад Манапов — 8-988-665-41-83; magomed.manapov2001@mail.ru\nАдабгун «Хӏакъикъат» газеталъул редакция.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "zikrula-ilyasov-halkazul-czoli-giumruyalul-roczen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=zikrula-ilyasov-halkazul-czoli-giumruyalul-roczen", "title": "Зикрула Ильясов: «Халкъазул цолъи — гӏумруялъул роцен»", "date": "2026-01-29 14:58:23", "categories": ["obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул сессиялда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагӏел байбихьиялъул хӏакъалъулъ гьабураб хитӏабалда тӏаса пикру загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас. Гьес ракӏалдещвезабуна батӏи-батӏиял соназда Дагъистаналъул халкъал цадахъ рекъон захӏмалъабазба данде къеркьеялъул, хӏажалъи ккараб бакӏалда улкаялъулго халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул хӏакъалъулъ.\n«Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, 2026 сон лъазабун буго Халкъазул цолъиялъул лъагӏеллъун.\nМиллатазул цолъи, цоцазда ричӏчӏи пачалихъ цебетӏеялъе рукӏине кколел аслиял шартӏазул цояб букӏин балъгояб жо гуро. Гьеб хасго баянаб буго 80 соналъ социализм гӏуцӏулел ва «гӏадан гӏадамасе вац вугин» абураб ахӏиялда гъоркь СССРалда гӏумру гьабулел рукӏарал наслабазе ва гьезул гӏелазе. Нилъеца жакъа гӏуцӏулеб, гӏадамазул гьудуллъиялдаса давла лъикӏилан рикӏкӏунеб капитализмалъул заманалдацин нилъер халкъазул гьудуллъиялда гьоркьоб гьогьен жакъаги кколеб гьечӏо.\nХасго гьеб хасиятаб буго нилъер республикаялъул халкъазе. Ракълилаб захӏматалда ва рагъул майданазда гьеб рахъалъ рихьизарурал мисалаздаса гӏуцӏараб цогояб, бечедаб, жиндаса нилъ чӏухӏулеб тарих буго мугӏрузул улкаялъул.\nГӏумруялдаса мисалал\nГьеб нилъеда батана некӏсияб заманалдасаго бачӏараб гӏадатлъун. 1743 соналда Ираналъул шагь Надир, нусазарилаб богун Дагъистаналде тӏаде кӏанцӏидал, гьев щущахъ виххизавизе цолъана нилъер киналго миллатал ва, бергьенлъиялда гьеб масъалаги тӏубазабун, жидерго цолъи дагьабги щула гьабуна.\n1923-1925 соназда Кӏудияб Октябралъул цӏаралда, 80 километр халалъиялда бугеб канал бухъулагоги бихьана нилъер цолъиялъул къуват ва жамагӏаталъул газаялъукьа хӏинкъулареб захӏмат гьечӏолъи. КОР хӏалтӏизе биччалеб данделъиялде вачӏарав Совет Союзалъул староста Михаил Калининица кӏудияб къимат кьуна халкъалъул кверзул захӏматалъе.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда советияб халкъалъ босараб бергьенлъи щулаго бухьараб букӏана улка тушманасдаса эркен гьабиялъул кьучӏалда бижараб миллатазул гьудуллъиялда. Гьенир рухӏалда барахщичӏого бихьизабураб цадахъаб къеркьеялъе гӏоло Совет Союзалъул Бахӏарзаллъун рахъарал 75 дагъистаниязда гьоркьор руго нилъер киналниги миллатазул вакилзаби.\nДагъистаналъул цӏияб тарихалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул нугӏлъун вукӏиналъ дидагоги бихьана нилъер жамагӏатазул цолъиялъул ва цоцазе кумек гьабизе хӏадурго рукӏиналъул чӏагоял мисалал.\n1944 соналда репрессиялде ккун, республика тун къватӏире гочинарун рукӏарал чачан миллаталъул гӏадамал, 1957 соналда, тамихӏалдаса ритӏухъ гьарун, нахъе риччараб заманалда, гьезул рукӏарал росабалъе хӏал гьабун гочинарун рукӏарал магӏарулазул ва цогидалги миллатазул гӏадамал гьениса нахъе рачун, гьезие росаби разе ракьал хӏажат рукӏана. Гьеб заманалда жидерго районаздаса гьезие росаби разе бакӏал кьуна лъарагӏаз.\nЦоги мисал, къоккараб заманалда, 1958 соналда Лаваша районалъул Санамахьиса дарги миллаталъул гӏадамазе Цӏияб Костек росу базе ракьал кьезе разилъана Хасавюрт районалъул жамагӏат ва нухмалъулел.\nРакӏалде щвезаризин 1999 соналъул лъугьа-бахъиналги. Хъачагъазде данде гьабулеб рагъулъ, киналго цадахъ рахъун, щулияб гъунки бихьизабуна нилъер халкъаз.\nГьел ва цогидалги мисалаз нугӏлъи гьабула дагъистаниял рухӏалда ва бищунго хирияб бечелъи – ракьалда барахщичӏого, цоцазе хӏалае рахъине хӏадурал рукӏин. Нилъеда бихьана нилъер халкъазул цолъиялъе Россиялъул президент Владимир Путиница кьураб тӏадегӏанаб къиматги.\nХалкъазул цолъиялъе гӏелмияб кьучӏ\nНилъер республика ккола миллатазул цолъиялъе лъидасаго цебе кьучӏ лъураб ватӏан. Гьелъул бицунеб буго тарихчагӏи Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил, Расул Мухӏамадовасул, Ахед Агъаевасул, Мухӏамад Гӏабдулаевасул ва цогидалги гӏалимзабазул гӏелмиял ва публицистикиял хӏалтӏабаз.\nДагъистаналъул адабияталда бечедаб хӏалбихьи буго гьеб рахъалъ цӏар арал хъвадарухъабазул художествиял ва хӏакъикъиял асаразда жаниб.\nХалкъазул цолъиялъул аслиял рахъал жинда жанир загьир гьарураб «Миллияб политикаялъул концепция» абураб документ Россиялда къабул гьабуна 1996 соналда. Дагъистаналдайин абуни, гьединаб программа ургъун букӏана 1993 соналдаго. Гьеб букӏана миллатазул гьоркьорлъабаз ва гӏумруялъул хӏалбихьиялъ гьудуллъи щула гьабиялъе ва гьелъул кьучӏалда Дагъистан кинабго рахъалъ цебетӏеялъе чара гьечӏого хӏажатаблъун бихьизабураб галилъун.\nЖакъа СВОялда улкаялъул 193 миллатазул вакилзабаз гьабулеб бугеб чӏагояб гӏахьаллъиялъ бицунеб буго халкъазул гъункиялъул ва бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Дагъистаналдаса гьенир унго-унгояб бахӏарчилъиялда ва бихьинчилъиялда рагъулел руго аза-азар ракьцоял. Гьездаса 18 батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчиясул тӏадегӏанаб цӏаралъе.\nГьел хӏужабаз бихьизабулеб буго халкъазул цолъи — нилъер гӏумруялъул роцен букӏин»."}
{"slug": "kotiun-gechio-zhegigi-kurabal-danderizhi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kotiun-gechio-zhegigi-kurabal-danderizhi", "title": "Къотӏун гьечӏо жегиги кьурабалъ дандерижи…", "date": "2026-02-02 11:25:40", "categories": ["magiarukh", "obshestvo"], "text": "Чачаналгун аварал жинда хадур рилълъарав\nИмам Шамил накълулъаралдаса исана тӏубала 155 сон. Бакъигӏалъул хабалалъ аварагасул инсул вацгӏал Гӏабасида аскӏоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикӏ гьабуралдаса гьебгощинаб мех ана. Чанги лъим чвахана Гӏанди ва Авар гӏоразухъан Каспий ралъдалъе. Гӏемерал лъугьа-бахъинал ккана гьебгощинаб заманалда жанир. Гӏемерал тӏадчагӏи хисана, чӏвана, ана, лъугӏана. Гьезул гӏемерисезул лъалкӏ билана, къисмат кӏочана. Гӏасруялъ цоязе нагӏана, цогидазе баркала кьуна. Амма кӏочене рес гьечӏо магӏарулазда Ахӏулгохӏги, Гъунибги, кӏудияв имамас гъазаваталъе гъеж гурун, чодул кьолониб тӏамураб къоло щуго сонги. Кӏочене рес гьечӏо гьаб ракьалда унго-унгояб бахӏарчилъиги, къохӏехьейги, чаран бианиги, биунареб магӏаруласул щулияб яхӏги, къвакӏараб хасиятги. Кӏочене рес гьечӏо магӏарулазда жидер миллияб тарих. Гьелъул щибаб хӏарп, бидулъ къаламги ччун хъвараб бугелъул.\nХӏакъикъаталдаги, чан гӏасру аниги, бокьараб гӏасруялъул хӏикматлъунги, чӏухӏилъунги къохӏехьеялъул мисаллъунги вукӏина нилъее кӏудияв имам Шамил. Шамилица 25 соналъ гъеж гурун гьабураб гъазаваталъулги гьесул бахӏарчияб ва хӏикматаб гӏумруялъулги хӏакъалъулъ тарихчагӏаз гӏемераб хъвана, бицана, тӏахьал риччана, гӏелмиял данделъаби тӏоритӏана. Гьаниб гъоркьехун дица бицине цӏияб цоги жоги хутӏун батиларо. Кин бугониги, пикру ккана чанго соналъ цебе имамасул инсул росулъе, Ахӏулгохӏде ва Гӏашилтӏе бухьун букӏараб сапарги ракӏалде щвезабун, гьелъул хӏакъалъулъ хъвазе.\nКӏиго имамасул рухӏияб ватӏан\nМагӏарухъе унаго, машинаялъул гордухъан бихьун гурони, Генуве жеги щун вукӏинчӏо. Гӏадатияб гӏумру батана имамасул ватӏаналда. Гӏадамазул рукӏа-рахъиналъ берцин гьабураб, гӏи-боцӏул гьаракьги жаниса рагӏулеб, рогӏрахъан чвахулеб лъел сасги гӏинда чӏвалеб.\nДагъистаналъул тӏоцевесев имам Гъазимухӏамадил зияраталде щварабго, рекӏее батӏияб асар гьабуна. Цӏидасан пикрабазда тӏад ханлъи гьабуна. 1829 соналъул сентябрь, гендерил къварилъи, нилъ Алжаналъур дандчӏвала, Аллагьас хъван батаниянги абун, хъатикь хвалченгун хучдузде тӏаде кӏанцӏарав бахӏарчияв имам. Гьениса хвечӏого ворчӏун, хадуб 25 соналъ магӏарулалги чачаналги данде гьарун, гъазаваталъе гъеж гурарав Шамил. Хадуб букӏана Ахӏулгохӏ, гурхӏел гьечӏеб кӏудияб дандечӏей, хъизамалгун цадахъ гохӏда шагьидлъарал муридзаби. Къотӏун гьечӏо жеги кьурабалъ гьезул дандерижи, Аллагь цо вугилан ахӏулеб, зобалазде рагӏараб гьезул зикрудал гьаракь.\nГьединал пикрабигун росдал гьетӏа-кӏичӏарал къватӏахъан гьаругьин гендерил хабалахъ бугеб Гъазимухӏамад имамасул зияраталде щун ватана. Гьенив аскӏовго вукъун вуго Шамилил эмен Денгасул Мухӏамадги. Дугӏа-алхӏамги гьабун, къо-лъикӏ гьабуна кӏиго имамасул росдалгун.\nГъоркьа гьалдолеб гӏор, тӏадехун гӏумру\nСагъри-кьодухъе щваравго, цӏидасан пикрабаз анцӏила ичӏабилеб гӏасруялде вачана. Ахӏулгохӏда рагъ байбихьилалде цебе, 1839 соналъул авалалда гьенибги ккана кутакаб рагъ. Хунзахъа Хириясул Гӏалибегил бетӏерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразда дандечӏей гьабуна магӏарулаз. Амма, къуват бащадаб гьечӏолъиялъ, гьел нахъе къазе ккана. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго хъвадарухъан, шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаевасул тӏехьалда.\nКӏудиял тарихиял лъугьа-бахъиназул нугӏлъун кколеб Сагъри-кьодухъе щваравго, пикрабаз цо хӏалалда толаро инсан. Гӏемераб жоялде кантӏизавула. Аралъул хӏисабги гьабизе, умумузул бахӏарчияб къисматалда цебе бетӏерги къулизе, гьезул къиматги гьабизе куцала гьелъ нилъ. Гъоркьа гьалдолеб Гӏандигӏурул гучаб гьаракьалъги цо хӏалалда толаро…\nАмма асирлъуде унге щивго чи…\nСагъри-кьоги нахъа тун, Ахӏулгохӏда цере лъалхъана ниж. Гохӏда тӏаде балагьараб борхалъиялда, гӏешдерил росдада гъоркь бугеб мемориалияб комплексалде цере ракӏарана киналго. Комплексалда аскӏобго цун бугеб музеялъул директор, Гӏашилтӏаса Султӏанмухӏамад Гӏалиевас бицунеб букӏана машгьураб гохӏда ккарал чӏахӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ. 1839 соналъул роол моцӏаз, гьалулеб бакъуда гъоркь, 80 сордо-къоялъ магӏарулаз гьабураб тарихияб дандечӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьес гьалбадерие. Бицунеб букӏана сабураб, берцинаб мацӏалда, щибаб рагӏи рекӏел тӏиналде бортуледухъ, махщалида. Цебеккун чанго нухалъ рагӏун букӏаниги, цӏидасанги хӏухьелккун гӏенеккана дун Ахӏулгохӏалъул тарихалъухъ. Щайгурелъул гьелъул бицен киданиги чӏамучӏлъизе рес гьечӏелъул.\nАхӏулгохӏил гьитӏинлъи,\nГьаб халкъалъул къвакӏунчӏей.\nКьалда муридзабазул\nИмамасе мутӏигӏлъи.\nДов Шамилил гӏадиллъи,\nГӏакълуялъул борхалъи.\nЛъимер баччун лъадицин\nЧӏола гуллида цее.\nЦоги нухалъ кӏвар кьун халгьабун бихье гьал рагӏабазухъ! Хахулеб лъимерги цадахъ бачун, гохӏде рахарал руччаби. Шагьидлъун рос ракьалде щапидал, гьесухъа бортараб хвалченги борхун, тушманасде тӏаде гъалбацӏаллъун кӏанцӏарал магӏарул руччаби. Тушбабицин хӏайранлъулеб бахӏарчилъи бихьизабуна гьез гьениб. Анцӏила щуазарго чиясдаса данде гьабураб, габунибе бахун яргъидалъун хьезабураб пачаясул аскаразда дандечӏей гьабуна лъабазарго чияс. Гьездаги гьоркьор рагъуе куцарал, туманкӏги кьвагьизе, хвалченгун рагъизе лъалел чагӏи рукӏанин 1200-гӏанасев чиян бицана Султӏанмухӏамадица. Ахӏулгохӏда рагъулаго арал моцӏазул цояб букӏана рамазан моцӏ. Рухӏ тӏагӏунеб чорхое дагьабниги къартӏ букӏине гӏоло, барсараб лъабго чӏарил мугьги чӏамулаго, гьужумалъ арал муридзаби. Гохӏде тӏаде ххарун рачӏунел тушбабазул читӏир тӏезабизе, кодоб хвалченги ккун, гьезда тӏаде кӏанцӏарал гӏолилал.\nЩукӏдузда дал-далун хутӏараб гъежги хӏатӏикье ккезабун, тӏун гьебги рехун, цӏидасан гъазаваталде арав Хунзахъа Хириясул Гӏалибег. Щулалъулгохӏ бахъизе кӏоларого, ракӏ свакан тату хун рукӏана пачаясул солдатал. 100 чиясдаса данде гьабураб магӏарулазул гьитӏинаб къокъа къуркьизабизе кӏоларого, гӏемер къо бихьана гьезда.\nАсирлъуде щивниги унгеян имамас гьабураб амруги рекӏелъ цӏунун, борхун хвалченги ккун, Гӏандигӏурулъе кӏанцӏарай Шамилил яц. Хахулеб лъимерги къвалакь ккун, анцӏго бихьинчиясда данде ягъарай Шамилил лъади Жавгьарат. Ахӏулгохӏалъул бахӏарчияб тарихалъул наслабаз жеги гӏемер бицине буго…\nВилълъа мун Гӏашилтӏе, щва Ахӏулгохӏде\nЩибаб гохӏда дуда ватила Шамил.\nСордо рогьа дуца гӏешдерил росулъ,\nМун гъазаваталде жанив лъугьина.\nМагӏарулазул шагӏир Хӏажи Гъазимирзоевасул гьал рагӏаби рагӏичӏев чи къанагӏатги ватиларо. Ахӏулгохӏда букӏараб рагъулъ шагьидлъун тӏубараб росуго чӏван лъугӏанин абизе бегьула гӏешдерил. Рагъ байбихьилалде кӏиго соналъ цебе, 1837 соналъ, Гӏашилтӏа росуго гочун буго Нух гьечӏеб гохӏде, гьелда абула Басрияб Ахӏулгохӏиланги. 1839 соналъ имам рагъде хӏадуризе гохӏде вахъиндал, гьел киналго цадахъ гочана гьенире, аслияб Ахӏулгохӏде. Рагъ лъугӏун хадуб нахъе хутӏун буго гӏицӏго анкьго хъизан. Гьезул гӏураб наслу буго жакъа росулъ. Ниж дандчӏвана гьезул цояв, Дарбишиласул тухумалъул вакилгун. Жакъа гьесул васасул васасул вас Мухӏамад вуго росдал имам.\nИмам Шамилил эбел Бахумеседо жаний йикӏараб мина бихьизабизе нижеда цадахъ рилълъана гьевги Аминов Гӏусманги. Дореги нахъеги унаго, чанги интересал, тарихиял баянал кьуна гьез нижее. Бицана Ахӏулгохӏда вагъулеб мехалъ 14 сон гурони букӏинчӏев Гӏашилтӏаса Къурбангӏалил хӏакъалъулъ. Хадув гьесул кӏудияв гӏалимчи вахъине вукӏин лъалев вукӏарав имамас гьев гӏумруялъе хӏинкъи бугеб бакӏалде виччалароан. Ахӏулгохӏалда рагъ лъугӏун хадув Къурбангӏали имамасда цадахъ Чачаналде ана. Чачаналъа тӏадвуссун Шамилица гьев Гӏашилтӏе витӏана гӏелму цӏализе. Нахъа гьесул вахъана кӏудияв гӏалим.\nШамилил эбел Бахумеседол мина букӏараб бакӏалда рукӏарал чӏваданалги риххизарун, гьеб цӏигьабизе хӏалтӏаби унел ругоан гьенир.\nГьединго щвана имамасул заманалда тункӏихер гьабизе хӏалтӏизабулеб букӏараб хъахӏаб ганчӏихъеги. Гӏешдерил годекӏаниб буго гьеб гамачӏ, жакъа рагьараб зобалда гъоркь бугеб музей гӏадин.\nГьеб киналъго кӏудияб асар гьабуна. Гӏажаибго рекӏее гӏуна Гӏашилтӏа росуги гьелъул гӏадамалги. Ниж рокъоре къабул гьарурав Султӏанмухӏамадги ватана унго-унгояв магӏаруласе хасиятаб, умумузулго букӏараб тӏабигӏаталъул инсан. Ниж кванан рахъинегӏанги гӏодов чӏечӏого, батӏи-батӏияб тӏагӏам нижее баччулев вукӏана гьев.\nРазиго къо-лъикӏ гьабуна Гӏашилтӏа росдалгун. Амма Кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ бицен лъугӏичӏо. Магӏарулал чӏаго ругебгӏан мехалъ, гьеб гьоркьоб къотӏизеги гьечӏо.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "rugunab-va-pajdayab-nigimat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rugunab-va-pajdayab-nigimat", "title": "Ругьунаб ва пайдаяб нигӏмат", "date": "2026-02-02 11:29:36", "categories": ["gara", "rosdal-magiishat", "tsiekh-rekh"], "text": "РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ щивав чияс лъагӏалие кваназе хӏажатаблъун ва пайдаяблъун рикӏкӏунеб буго гьанал 73 килограмм. Хӏакъикъаталдаги Россиялда кваналеб буго 83 килограмм (гьелда гьоркьоб аслияблъун ккола абизегӏанасеб пайда гьечӏеб гӏанкӏуязул ва болъоназул гьан). Бищун цӏикӏкӏараб къадар чӏегӏербоцӏул гьанал кванала Аргентинаялда (46 кило), болъоназул гьан — Хорватиялда (57,4 кило), гӏи-цӏцӏаназул — Монголиялда (68,5 кило).\nДагъистаналда кваналеб гьанал къадар тарихаздалъун мухӏканго лъачӏониги, нилъеда гӏемер лъикӏ лъала гьеб нилъее гьечӏого гӏолареб нигӏмат букӏин.\nЖакъа ниж руго Махӏачхъалаялъул централияб базаралда ва гьений дандчӏвана гьанал даран-базаралда йигей Шамил районалдаса Гӏайшатгун.\n— Гӏайшат, кин мун гьаб хӏалтӏуде ккарай, чан сон бугеб гьаб ишалда йигелдаса?\n— Цере ниж рукӏана Тула областалда. Дун хӏалтӏана райпоялда, колхозалда, тукада. Добаги нижер букӏана гӏи-боцӏи, гӏодоркъоязда унаан гьан бичизе аскӏоб бугеб шагьаралде. Гьелдаса байбихьана кинабго. Дагъистаналде тӏадруссун хадубги нижер буго гьебго магӏишат — Цӏияб Тӏидиб хъутаналда хьихьула гӏиги бусбиги, магӏарухъ руго чуялги. Гьединлъидал гьаниса байбихьана нижерго боцӏул гьан бичизе (бичула гӏага-божарал, лъикӏ лъалел гӏадамазул босарабги), кигӏан захӏмат бихьаниги, гьалдаса лъикӏаб хӏалтӏи гьечӏин абун, гьаб тӏаса бищана.\n— Дур пикруялда, гьан гӏезабизейищ бигьаяб ва пайдаяб бугеб, гӏезабураб бичизейищ?\n— Гӏезегӏан захӏмат бихьун хьихьула гӏи-боцӏи, гӏезабула гьан, гьеб кинабго бигьаяб иш гуро. Гьебго заманалда, гӏезабун гӏоларелъул гьеб, бичизеги ккола, гьединлъидал руго нижги гьанир.\n— Лъихъа бугониги босараб гьанада тӏаде нужеца лъолеб бутӏа гӏемераб букӏунищ?\n— Кинабго букӏуна базаралъул багьаялда рекъон, амма 20 проценталдаса цӏикӏкӏун лъоларо. Багьа бараб букӏуна гьанал тайпаялда, хъураб жоялъул лагаялда ва цоги гӏемерал шартӏазда. Мисалалъе, жакъа гьаниб дагь буго гьан, къоги буго цӏорораб. Жакъа нижеца чӏегӏербоцӏул гьан босана 560 гъурщиде килограмм хӏисаб гьабун, бичулеб буго 630 гъурщиде.\n— Даран гьабизе лъикӏаб заман кида букӏунеб?\n— Байрамкъоязда цебе. Шагьаралда цӏакъго гӏемер руго гьан бичулел бакӏал, къанагӏат гурони гьечӏо гъоркь тукен гьечӏеб гӏемертӏалаяб мина. Гьединлъидал къойидаса-къойиде дагьлъулел руго базаралде рачӏунел гӏадамазул къадар, нахъе кколеб буго дармил иш.\n— Гьан босулесе санагӏатаб, лъикӏаб заман кинаб букӏунеб?\n— Гӏемераб ва бокьараб тайпаялъул гьан букӏуна радал, дагьаб гӏадатияб ва учузаб гьеб щола къасиялдехун. Гьединаб буго базаралъул ва гьанал низам.\n— Гӏемер бицуна хехаб хӏалалда гӏезабулин гьан инсанасе заралиял уколал гьарун, дараби кьун. Гьединал харбаз хвезабула божилъи. Гьелда хурхун дуца щиб абилеб?\n— Дун йиго хӏеж борхарай гӏадан, дир ракӏчӏей гьечӏеб гьан дица киданиги бичуларо. Кӏиабизе, гьединаб гьан гьанибеги биччаларо — базаралда ругел ветеринариял хӏалтӏухъабаз халгьабичӏеб нигӏмат гьаниб бичуларо. Лъабабизе, гьабго гьан кванала нижецаги нижер рокъосезги.\n— Тӏубараб къоялъ яхъун чӏун гьаний хӏалтӏарай мун рокъое щолей ятила свакан. Хӏалтӏи тезе ялъуни хисизе ракӏалда бугищ?\n— Гӏарз бахъизе гӏураб захӏматаб хӏалтӏи гуро гьаб. Хӏал гьабун дун хӏалтӏизе тӏамулев, гьаний чӏезаюлев чи гьечӏелъул, дагьаб захӏмат бихьани, къан гьабгун уна рокъое. Гьабула рокъоб бугеб боцӏул тӏалаб, риидал уна росулъе. Дун йиго гӏадамазда гьоркьой, дидаса гӏадамазе буго пайда, аскӏове вачӏарасул мурад тӏубазе рес щвеялдаса разиго йикӏуна. Гьединлъидал гьабсагӏаталда ракӏалда гьечӏо гьаб хӏалтӏи тезе.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "rahdal-maczialul-giumru-hizamalda-tiegala", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rahdal-maczialul-giumru-hizamalda-tiegala", "title": "Рахьдал мацӏалъул гӏумру хъизамалда тӏегьала", "date": "2026-02-02 11:32:21", "categories": ["obrazovanie"], "text": "Рорчӏами, лъимал!\nГьадин байбихьула дица щибаб къо…\nГьалеха жакъаги ине йиго школалде, лъималазе авар мацӏалъул дарсал кьезе. Анцӏ-анцӏ бер балагьун буго дихъ. Цӏакъ бокьун буго рахьдал мацӏалъул хӏикматаб ва балъголъаби гӏемераб дунялалде гьелгун цадахъ сапар бухьине. Шагьаралъул хӏеренаб ва недегьаб кваркьидакь гӏун рачӏунел ругел гьезухъа бажариладай магӏарухъе унел сухъмахъаздасан доре мугӏрузухъе гьоболлъухъ щвезе, гьенир борхалъуда тӏавап гьабулел ругел цӏумазулгун гара-чӏвари гьабизе, мугӏрул ахалъудасан чвахулел лъаразул лазат босизе, хӏикматаб мацӏалда ахӏулел хӏанчӏазул кучӏдузул магӏнаялъухъ гӏенеккизе.\n«Рорчӏами, лъимал!» — илан дица ахӏидал, магӏарул мацӏалда гьез данде гьабулеб жавабалдасагицин йохулей йиго. Ва цӏидасанги пикрабазулъе кколей йиго:\n— Рагӏанадай гьазда Ахӏулгохӏалъул къваридаб къиса? Санал ун, кӏудиял гӏедал, угьдиладай гьал гьенир чӏварал, магӏарулалъул яхӏ-намусалда хӏур хъвазегӏан, хвел тӏаса бищарал бахӏарчиял руччабазул къисматалъухъ? Сорозе ругелдай гьел, Шамил имамас миллаталъул тарихалда тарал лъалкӏазул рагӏидал.\nЛъималазул гӏанчӏаб релъиялъ цӏидасанги дарсиде ахӏулей йиго. Рорчӏами, лъимал!…\nНиж цоцазда ратана\nГьадинаб цеберагӏиялдалъун байбихьулеб буго дица гӏагараб мацӏалъе сайгъат гьабураб макъала. «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирги Махӏачхъала шагьаралъул №II гимназиялъул авар мацӏалъул учительги. Рахьдал мацӏалде дир бугеб хӏасратаб рокьул кӏиго чӏор. Ниж цоцазда ратана. Ва гьелъ дие кӏудияб кумекги гьабулеб буго авар мацӏалъул хӏикматалъул цӏураб дунялалде лъималгун цадахъ сапарал рухьине. Дир пикруялда, магӏаруллъиги мугӏрулги чӏаго рукӏаго, магӏарул мацӏги чӏаго букӏине буго. Кигӏан нилъеца, гӏурус мацӏалда кӏалъалел ругилан магӏарухъа лъималазде гӏайиб гьабуниги, дозда магӏарул мацӏ кӏочене гьечӏо! Гьебги кӏудияб рохел буго нилъее.\nКинабха бугеб хӏакъикъат шагьаралъул школазда? Гьоркьохъеб хӏалалда. Чӏахӏиялги гӏисиналги телефоназде, компьютеразде руссараб гьаб заманалда, нухал дагьалги гӏатӏилъулел руго рахьдал мацӏалъулгун гьудуллъиялде лъимал ахӏизе!\nБокьун буго гьанибго рехсезе «Хӏакъикъат» газеталъул лъималазулгун, гьезул эбел-инсулгун, учительзабазулгун ва цӏалдолезулгун бугеб щулияб бухьеналъул хӏакъалъулъ:\nГазеталъ санайил тӏобитӏула авар прозаялъе ва поэзиялъе сайгъат гьабураб «Чӏагояб классика» абураб конкурс. Гӏахьалчагӏаз жидерго видео-роликал ритӏула газеталъул телеграм каналалде ва конкурс гӏуцӏаразухъе. Хӏасилал гьаризе данделъула Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда. Гьенибе ахӏула телевидениеги. Лъималазул кӏудияб гъира-шавкъ букӏуна телевидениялъул камераялда цере кучӏдул рикӏкӏинеги. Прозаялъул ва поэзиялъул гуребги, конкурсал тӏоритӏула батӏи-батӏиял темабазда. Лъагӏалие щуго-анлъгониги конкурсги кколеб батила. Конкурсазда бергьарал лъимал эбел-эменгун яги учительзабигун цадахъ ахӏула редакциялде. Учительзабазда гьоркьорги тӏоритӏула творческиял конкурсал. Хъизамалда рахьдал мацӏ цӏакъго къанагӏат гурони бицунареб гьаб заманалда (хасго шагьаразда) учительзабилъидалха кколел рахьдал мацӏалъул гьуинлъи лъималазда кӏалдиб хъвалел сихӏручагӏи. Кие щваниги, рагӏула рахьдал мацӏал тӏагӏунел ругин, гьел цӏунизе кколин бицунеб лъиениги пайда ва лъугӏел гьечӏел харбал. Рахьдал мацӏалда лъималгун гаргади — гьеб гурищ рахьдал мацӏал чӏаго хутӏиялъе бищунго бигьаяб дару. Нижехъе гьоболлъухъе щола шагьаралъул школазул учительзаби, рачун жидерго цӏалдохъабигун. Хасаб студияги буго редакциялда, гьалбал къабул гьарулеб. Гьенир рахъула видеороликал — лъималаз ва учительзабаз ракӏалдасан рикӏкӏуна, цӏалула асарал. Хӏалбихьула нижецаго «гӏисинал аудиотӏахьал» гьаризеги. Масала, цӏалулеб кечӏ букӏа, проза букӏа, бахъула телефоналде. Гӏенеккула записазухъ. Лъималазе цӏакъ интерес ккола жидерго цӏалиялъухъ гӏенеккизе. Хадусеб записалде гьез хӏаракат бахъула дагьабги лъикӏ цӏализе. Гьединал творческиял хӏалтӏабаз кӏудияб кумек гьабула лъималазе ва гӏолилазе рахьдал мацӏалда кӏалъай хиралъизабизе. Лъималаз жидерго творческиял хӏалтӏабиги ритӏун рачӏуна газеталъул «Бурутӏ» гьумералде. Ритӏула гьел «Лачен» журналалдеги. Гьединаб пайдаяб хӏалтӏи къойилго гӏадин тӏобитӏула редакциялда. Нижехъе гьобол вачӏунареб къоги букӏунаро. Газеталъул телеграм-каналалда хӏалтӏулел ругел гӏолилал Жаватхан Жаватхановас ва Рукъият Ахӏмадовалъ жидерго нухмалъулей, каналалъул администратор Патӏимат Султӏанмухӏамадовагун цадахъ гьабулеб хӏалтӏи киназдаго бихьулеб батила. Ралагьизе бокьилеб хӏалалда рахъула гьез рахьдал мацӏалде рокьи базабулел гӏисинал роликал, гара-чӏвариялъе ахӏула гӏолилал.\nРуго централ, рахьдал мацӏал малъулел. Ургъулел руго гӏисиназеги чӏахӏиязеги рахьдал мацӏазда компьютералъулал хӏаялги, цогидалги социалиял гьиназдаса батӏи-батӏиял хӏаял ва цогидалги хӏалтӏаби. Рахъулел руго мультфильмал. Амма гьечӏо шагьаралъул лъималазул кӏалзулаб каламалъул рахъалъ цебетӏей. Руго онлайн-школалги. Дагьа-макъабгӏаги гаргадизе лъалеб гьечӏо гьезда. Суалазе жавабал гьез кьунигицин, рохуца холел рукӏуна нилъ. Гьелдасан бичӏчӏуларищ хъизамалда рахьдал мацӏалде кӏвар кьечӏони, лъималазда гьелъул тӏагӏам лъазе гьечӏеблъи.\nСапар битӏаги нужей, гӏагарал миллатцоял\nНахъеги тӏадюссуней йиго цӏалдохъабазухъе. Сапар бухьунеб буго магӏарул хӏарпазухъе. Гьоболлъи балеб буго рахьдал мацӏалъул хӏикматаб гъасда нилъехъ къойилго урхъун рукӏунел гӏагарал, рокьулел хӏарпазухъ, авар каламалъул жавгьараллъун жал ругел…\nГьал хӏарпазулгун гьудуллъиги ккуни, битӏун цӏализеги лъани, лъаралдаса битӏун пайдаги босулеб бугони, дагьа-макъабгӏаги рахьдал мацӏалда пикру гьабизеги лъалеб бугони, текст хъвазеги лъалеб бугони – гьеле мацӏ кӏочонгутӏиялъе аслияб нух. Хутӏарабщинаб, социалиял гьиналги, гьенисан кьолел дарсалги, цогидабги… — хадуб. Гьеб киналъго щибго хӏасил кьезе гьечӏо, магӏарул мацӏалъул 13 хӏарпалъулгун нилъер гьудуллъи гьечӏони…\nСапар битӏаги нужей, гӏагарал миллатцоял, магӏарул хӏарпазул гъасде. Гьениб нужеда батила щивасе гӏураб цӏаги, хинлъиги, букӏинеселде божилъиги. Гьеб цӏа свине тоге, гӏагараб миллат!\nМагӏарул хӏарпазухъ\nгьоболлъухъ\nДир гӏагараб авар мацӏ, унго, цо дур берцинлъи, аваразул кӏалдиб мун рекъонккун букӏунеб куц! Магӏарулазул гъасда талихӏгун рещтӏуна мун. Талихӏал нижей дуца бачӏунебщинаб хинлъи!\nАссаламу гӏалайкум дуе, авар алфавит, алфавиталда бугеб анцӏила лъабабго хӏарп. Нужехъе гьоболлъухъе ячӏине бокьун буго. Къабул гьариларищ ниж, гьитӏинал магӏарулал?\nГъ, Гь, Гӏ, Кь, Къегун Х, Хъ, Хӏ, Хь, Чӏ, Кӏ, Лъ, Цӏ – Нужехъе щвезе урхъун руго ниж, нужер лъимал. Гьале ниж, магӏарулал, рахъа дандчӏвай гьабизе. Нужехъ хӏасратлъун ругел ниж, аварал, рихьизе.\n— Гьая, «КЪ», бахъа цебе, дурго тарих бицине. Магӏарул миллаталъе пайда кинаб дур бугеб?\nБитӏун дур цӏар абизе нижей захӏмалъаниги, лъала дур гьеб кутакги КЪуваталъулъ бугеблъи.\nКЪиралги – мун, КЪвакӏи мун, КЪварилъи хӏехьолеб – мун. КЪисмат, КЪиса, КЪуркьуге — КЪимат тӏокӏаб дир «КЪ» харп. КЪуватал гӏадамазул КЪеркьеялъул нугӏги – мун, КЪоккаразе кумекги – гӏемер дир миллаталъул.\n— «КЬ», раче дуца кверал, щиб хӏалалда мун бугеб? КЬварараб наслуялъул гӏелал куцала дуца. КЬураби гӏадал васаз КЬурди гьабулеб буго. КЬея гьезие КЬвари, КЬурабазул гӏадинаб.\n— ГЪургъур бачунеб буго кӏиго миккиялъ нижей – Гъалал халатал ясал рачӏунел руго цере. ГЪираги балеб буго цӏияб гӏумру гьабизе. Гъанситохъ цӏа сунгеги магӏарулазул даим.\n— ГЬуинлъи тӏагӏунгеги дир миллаталъул рокъоб. ГЬоцӏогӏан ГЬуинлъаги Дагъистаналъул гӏумру. ГЬудул-ГЬалмагълъи гучаб нижер Ватӏаналъул бакъ! ГЬайбатал чӏораз кквеги жеги щулаго. АМИН!\n— Гӏумру гьуинаб буго гьаб дир Дагъистаналда. Гӏелаз Гӏелазухъе кьун, цӏунулеб буго Ватӏан. Гӏолохъанлъи гьимула Гӏадан цӏунизе кколин. Гӏолилаз жаваб кьола жал хӏадурал ругилан.\n— Хинлъиги босун, гьале «Х» хӏарпги тӏаде щвана. Халатаб сапаралъ ниж нухарегӏулел руго. Холареб гьаб базе гьелъ ругьун гьарулел руго. Хиянатлъи аскӏоса бачахъулеб буго гьелъ.\n— «ХЪ» хӏарп, щибги босун мун нижехъе бачӏинеб? – ХЪулухъ кӏудияб щунин, воре, ХЪатир рехуге. ХЪамалчилъи жибго тун, ХЪала бай намусалъул. ХЪурмил гӏамал жибго тун, гӏаданлъун вукӏа кивго.\n— Гьая, «Хӏ», цебегӏан къай, хӏал щиб бугеб дур, бице!? – Хӏалихьат нахъегӏан те, Хӏурматги Хӏалтӏул гьабе. Хӏажат гьечӏезда аскӏор киданиги къаге нуж. Хӏалтӏи гьудуллъунги ккун, Хӏалалаб гӏумру гьабе.\n— «ХЬ», гьанже гӏенеккила гьел дур дарсазухъги ниж. – Хьами, воре, рикӏкӏад те, ХЬулалги къокъал гьаре. ХЬирхьиди борхьил бугел гӏадамазда божуге, ХЬвагӏаралъур речӏчӏулел рагӏул чӏорал риччаге.\n— Чӏирчӏилаго, хӏанчӏаца рачунел бакънал рагӏун, Чӏаголъула ракьалда гӏумруги гӏадамалги. Чӏухӏи рекӏелъа хъаме – Чӏван лъола гьелъ мун, инсан. Чӏахӏиязул адаб ккве – гьелъулъин нужер икъбал.\n— Бицеха, «Цӏ», гьанже дий дур къисматалъул къиса. – Цӏа гӏадал гӏолилаз дир ракӏ бохизе гьабула. Цӏиял гӏелазул Цӏилъи Цӏилъулеб лахӏзат бихьун, Цӏидасанги Цӏабуцӏун дие букӏунеб рохел!\n— Кӏудиял гӏолел нижей, «Кӏ», дуца щиб жо гьарилеб? – Кӏул кьолеб буго дица гьеб нужер талихӏалъул. Кӏиго рагӏи кидаго, воре, дуца бицунге. Кӏудиязе дур кумек кидаго хӏажат буго.\n— ЛЪаялъул кӏул дихъ буго, ЛЪимал цӏодор гьарулеб, ЛЪалъазе буго дица къойил гӏакълуялъул ах. ЛЪан букӏа киназдаго — дир хайирги цӏикӏкӏараб — Гьадин чӏухӏадго цебе эхетана «ЛЪ» хӏарпги.\nМагӏарул хӏарпазухъе гьабураб нижер сапар Лъугӏизе толеб буго жакъа, хириял лъимал, Хӏарпал кьурдулел руго, хӏарпал рохулел руго, магӏарул мацӏ бицунеб гӏалам бихьараб мехалъ.\nМагӏарул миллаталъул анцӏила лъабго жавгьар — Гьелъул каранлъ кенчӏолел руго, лъимал, цӏакъ рохун. Аллагьас нилъей кьураб анцӏила лъабго хӏикмат рачӏа цадахъ цӏунизе хадусел наслабазе.\nАвар алфавиталъул анцӏила лъабабго хӏарп, хазиналъун руго нуж нижей, бищун бечедаб. Нуж гьечӏони, ниж гьечӏо, гьечӏо миллат, гьечӏо халкъ.\nЧӏАХЪАГИ РАХЬДАЛ МАЦӏАЛ, ЧӏАХЪАГИ ДИР ДАГЪИСТАН!!!\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "surataz-urgize-tiamize-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=surataz-urgize-tiamize-kkola", "title": "Суратаз ургъизе тӏамизе ккола", "date": "2026-02-02 11:35:24", "categories": ["insan", "lit"], "text": "23 январалда Махӏачхъалаялда «Дагъистаналъул росу» абулеб этнографиялъул музеялда рагьана Россиялъул Художниказул Союзалъул член Гӏабдула Мухӏамадовасул «Дир кӏудияб ва гьитӏинаб Ватӏан» абураб выставка. Гьенир цере лъурал хӏалтӏаби руго суратчияс «Дагестан уходящий» абураб темаялде буссинабураб, лъеберго соналъ тӏад хӏалтӏи гьабураб творческияб нух. Некӏсиял росабазул минаби, сиял, рихьизарун руго кирго гьечӏел гӏадал цересел архитектуриял хаслъабиги кьун. Руго росдал гӏадамазул портретал, гьезул гӏумру-магӏишат. Суратаз бицунеб буго гӏагарал бакӏазул берцинлъиялъул ва кӏодолъиялъул.\nВыставка рагьулаго, РФялъул мустахӏикъав художник, ДРялъул Художниказул союзалъул председатель Къурбангӏали Мухӏамадовас абуна: «Гьанир церелъурал суратаздасан бихьулеб буго Гӏабдула вукӏин гӏагараб ракьалъул ва гьелъул тарихалъул унго-унгояв патриот, гьес нилъ тӏадруссинарулел руго гӏагарал мугӏрузде ва нилъер росабалъе, тӏамулел руго нилъер гӏумру- магӏишаталда тӏад ургъизе. Гьас бахъун буго лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун сурат, гӏемерисел руго нилъер росабазул унеб — тӏагӏунеб бугеб тарихалъул бицунел. Гьайгьай, Гӏабдула мустахӏикъав вуго хӏурматиял цӏаразе. Цӏарал кьола хӏалтӏулел бакӏаздасан хитӏаб гьабун. ДФИЦалъул филиалалъул нухмалъулезде нижер гьари буго Гӏабдулае мустахӏикъаб цӏар щвеялъе кумек гьабеян».\nМахӏачхъалаялъул Художественнияб училищеялъул директор, Дагъистаналъул халкъияв художник Мухтар Камбулатовас абуна: «Гӏабдулал хӏалтӏабазулъ буго жиндирго хатӏ, жиндиего хасаб, лъидаго релълъинчӏеб нух. Гӏабдула вихьидал, ракӏалде щола гьесул суратал, суратал рихьидал – Гӏабдула», — ян.\nРАНалъул Дагъистаналъул федералияб цӏех-рехазул централъул (ДФИЦ) отделалъул заведующий Хизри Юсуповас абуна: «Дун чӏухӏула Гӏабдулагун цадахъ хӏалтӏулев вукӏиналдаса. Гьадинал суратал рахъизе къваригӏуна цӏакъ кӏудияб махщелги гӏагараб ракьалде ва халкъалде кӏудияб рокьиги, гьабулеб хӏалтӏи бокьиги», — ян.\nДРялъул халкъияв художник Гӏамирхан Мухӏамадовас абуна: «Гьаб выставка тӏобитӏи рикӏкӏине бегьула унго-унгояб лъугьа-бахъинлъун. Нилъер росабалъ риххулел — тӏагӏунел руго некӏсиял минаби, гьезда цадахъго тарихалде унел руго умумузул гӏадатал. Гӏун бачӏунеб гӏелалъе Гӏабдулал суратаз нахъе цӏунулел руго умумузул минаби, некӏсияб архитектура. Дагъистаналда гьечӏо тӏадчӏун гьединаб хӏалтӏи гьабулев суратчи. Гӏабдула мустахӏикъав вуго хӏурматияб цӏаралъе ва шапакъаталъе», — ян.\nПенсиялда йигей учительница Гӏисаева Аминатица абуна: «Заман буго дир росулъе щвечӏого. Гьал суратаз дун ячана басрияб инсул минаялде, лъимерлъи ракӏалде щун, бадиб магӏуцин хулана. Баркала суратчиясе», — ян.\nВыставкабазул залалда цебелъун букӏана Гӏабдулаца батӏи-батӏиял соназ бахъараб 70 сурат. Цониги чи инчӏо гьесул «Бечедав гьидалъесул рукъ» сураталда цеве лъалхъинчӏого. Чӏухӏун къачӏараб цагъуралда бан буго рукъалъул кинабго бечелъи: пахьул хьагал, тӏарсал, суркӏби, гулдул, гъудал… Рукъалъул мокърокь ран ракъвазарулел руго къулагӏаби. Цебесеб кьерда руго чӏахӏиял- гӏисинал щагӏил тӏагӏелал. Рукъалъул цо бокӏнида бихьула хъахӏаб кьегӏер. Хӏалтӏи-пишаялдаса руссун, маркӏачӏуда канлъукъаб рокъоб данделъун буго свакараб хъизан. Ретӏун тӏингъалгун, хьонбакӏида гӏодорчӏун хабаралда руго бихьинал. Цӏа-каналда, квен-тӏехалда квалквадулел руго руччаби. Рукъ бакьулъ, туртида тӏад гӏодобчӏун, букӏинеселде балагьун буго гьитӏинаб лъимер.\nСуратчиясул хӏалтӏабаз гӏадамал тӏамулел руго гӏумруялда, къисматалда, аралда ва бачӏунелда тӏад ургъизе.\nГьесухъа бажарун буго гӏорхъи-рахъ гьечӏеб ралъдал гӏатӏилъиги, квелъ базе кӏоларел карачелазул гучги, лъеда тӏад цохӏо хутӏараб гамил чӏалгӏенги, бакъул канлъиялъулгун лъел къатӏрабазул накъиталъул балагьун бер гӏорцӏулареб берцинлъиги бихьизабизе.\nЛъикӏав суратчи гуревги, Гӏабдула вуго гӏакъилав, хабар-кӏал гьуинав чи. Гьес бицана: «Гӏиявехь вукӏаниги, дир эмен Гӏабдурахӏманица берцинлъиялъул къимат гьабулаан, гьесда искусствоги бичӏчӏулаан. Щуго сон букӏана дир, инсуца магӏарде вачараб мехалъ. Дида чӏалгӏинчӏого букӏиналъе, гвандинисаги босун гьес квералъ хӏатӏ кӏвекӏана ва гьелъул батӏи-батӏиял хӏайваназул суратал гьарулеб куц бихьизабуна. Гьеб букӏана искусствоялде лъураб дир тӏоцебесеб гали. Школалдаги клубалдаги дун тӏамулаан лозунгал хъвазе, суратаз ва накъишаз зал берцин гьабун къачӏазе, гӏахьаллъулаан районалда тӏоритӏулел суратазул къецазда.\nАхираб 25 сон буго дир, сордо-къо цӏехечӏого, хӏалтӏулев вугелдаса. Лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун сурат бахъана. Ахираб 20 соналда жанив дун хӏалтӏулев вуго «Дагестан уходящий» абулеб темаялда тӏад. Мугӏрузул улкаялъул кинабго тарих ганчӏазда хъван буго. Кир ругел жакъа гьел ганчӏал?! Дица ралагьана гьел, гьездасан рахъана суратал ва гьанже нахъе цӏунун руго. Кинабго умумузул архитектура, гӏадатал, рукӏа-рахъин унеб буго нилъедаса, гьеб кӏочонеб буго. Дир мурад буго умумуз нилъее тараб бечелъи, берцинлъи бачӏунеб гӏелалъе суратаздалъунгӏаги нахъе цӏуни».\n«Суратчиясул буго жужахӏалъулаб махщел», — ан хъвалеб буго цо дир пишацояс. Гьеб битӏарабги буго, нижер буго захӏматго щолеб чед. Дагъистаналда суратчи цохӏо суратал рахъун тӏуваларо, масала, дун хӏалтӏула щуго батӏияб ишалда.\nСуратал рахъулев чи лъаялдаги махщалидаги тӏад хвезегӏан хӏалтӏизе ккола. Сурат бахъизе байбихьилалде цебе, гьелъул идеялда, темаялда ва магӏнаялда тӏад ургъун, гьеб кагътида хъвазе ккола. Гьедин бахъараб сураталъул щибаб тӏанкӏалъул, мухъалъул, кьералъул букӏуна жиндирго магӏна, гьелде балагьун тӏубаларо, гьеб цӏализеги ккола».\nГӏабдулал хӏалтӏаби рихьизе бокьарал музеялде ине бегьула 28 февралалде щвезегӏан.\nНури Нуриев"}
{"slug": "hiriyab-rakalul-gajbatal-bakӏal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hiriyab-rakalul-gajbatal-bakӏal", "title": "Хирияб ракьалъул гьайбатал бакӏал", "date": "2026-02-02 11:53:09", "categories": ["history"], "text": "Исламалъе заралалъе бараб мажгит\nСагӏид ибн Жубейрадасаги, Катадиясдасаги, Урвадасаги щварал баяназде мугъги чӏван, Ибн Касирица бицунеб буго, Аллагьасул Расулас гӏалайгьи васалам Мадинаялде гьижра гьабилелдего, гьениб гӏумру гьабун вукӏанила Абу Амир ар-Рахӏиб абурав чи. Жагьилияб заманалдаго гьес къабул гьабун букӏун буго насраниязул дин. Хазражитазул къавмалда къадру-къимат бугев чиги вукӏун вуго гьев.\nМухӏаммад авараг Мадинаялдеги вачӏун, ислам тӏибитӏизабизе байбихьидал ва бусурбабиги аварагасда сверухъ цолъидал, Абу Амирилъ жахӏда бижун буго ва, кин гьабунги, аварагасе зарал-квалквал гьабизе гъира цӏикӏкӏунеб букӏун буго. Гьев Маккаялде ун вуго ва, къурайшиялгунги цолъун, гьес гьел ахӏулел рукӏун руго аварагасде данде рагъ гьабизе. Аллагьасул Расуласул дагӏваталъул хӏасил лъикӏаб кколеблъи бихьидал, гьев ун вуго Румазул империялъул бетӏер Гӏиракълиясухъе ва гьесухъа гьарун буго аварагасде данде рагъ гьабиялъе кумек.\nГӏиракълияс рагӏи кьола кумек гьабизе ва Абу Амир гьесда аскӏов чӏола. Хадубккун гьес жиндир къавмалъухъе кагъат битӏула, Мадинаялде вачӏиндал, Гӏиракълий рещтӏине ва кагъталгун щварал чапарзабиги тӏаде рачӏарал гӏадамал къабул гьаризеги санагӏатаб бакӏ байилан абун. Мунапикъзабазги байбихьула ал-Къубаялда дандбитӏун мажгит базе.\nМажгит бан бахъиндал, мунапикъзабаз аварагасда абула: «Я Аллагьасул Расул! Нижеца мажгит бана унтаразеги, мискиназеги ва гӏазу-цӏадалъукьа гӏадамал рахчизеги рукӏине», – ян ва гьарула, гьениб как базе вачӏаян. Табукалде сапаралъ вахъунев вукӏарав Мухӏаммадица жаваб кьола, Аллагьас хъван батани, гьениса тӏадвуссиндал вачӏинилан абун.\nТабукалдаса тӏадвуссунаго, Мадинаялде щвезе цо къоялъул манзил хутӏидал, Мухӏаммадихъе рещтӏуна Жабрагӏил малаик (р.гӏ.) ва бицуна «заралияб мажгиталъул» (масджид ад-дырар) хӏакъалъулъ, ай гьеб балеб бугин бусурбаби рикь-рикьизариялъул ва гьезда гьоркьоб жагьиллъи тӏибитӏизабиялъул мурадалдаян абун. Аллагьасул Расулас гӏадамал ритӏула, жив Мадинаялде щвелелде кьучӏдасанго биххизабе гьебанги абун.\n«Бусурбабаз бараб мажгит бихьидал, гьелдаго дандбитӏун цоги мажгит бана мунапикъзабаз. Гьез абулеб букӏана: «Нижеца бусурбабазул кьерал ритӏизарила ва, жанисан балъгоги хӏалтӏун, гьезда гьоркьоб питна бекьила», – ян. Гьебмехалда Тӏадегӏанав Аллагьас аят рещтӏана, гьез бараб мажгит биххизабеян абураб.\nТӏадегӏанав Аллагьас абуна: «Заралалъеян, бусурбабазда гьоркьор рикьалаби гьариялъул мурадгун ва цебегоялдаса нахъе Аллагьасдеги Гьесул Расуласдеги данде къеркьолезе пардавлъун букӏиналъе гӏоло мажгит барал чара гьечӏого гьедизе руго: «Лъикӏлъи гуреб батӏияб жо нижеда ракӏалда букӏинчӏо», – ян абун. Аллагьас нугӏлъи гьабула гьел гьерсихъаби ругилан. Киданиги гьениб как баге. Тӏоцебесеб къоялдасаго Аллагьасукьа хӏинкъи кьочӏоеги лъун бараб мажгит цӏикӏкӏун мустахӏикълъула мун гьенив гӏибадаталда чӏеялъе. Гьенир руго рацӏцӏалъи тӏалаб гьабулел бихьинал. Хӏакълъунго, Аллагьасе рокьула рацӏцӏалъулел»,– ан бицана нижее къокъаялъул бетӏерас.\nГӏадлу-низам хвезабиялъул мисал\nМадинаялда гӏагарлъухъ, 5-7 километралъул манзилалда, буго исламалъул тарихалда кӏудияб кӏваралъул цоги бакӏ – Ухӏуд мегӏер. Гьениреги ана ниж зияраталъ.\nVII гӏасруялда Ухӏуд магӏарда ккана бусурбабаздаги къурайшияздаги гьоркьосеб кьварараб рагъ. Тушманас бусурбабазда нахъасан гьужум гьабунгутӏиялъул мурадалда Ухӏудалъул борхатаб щобда (гьелда абула Жебел-ар-Румаянги) Мухӏаммад аварагас чӏезаруна чӏорбутӏ кодосел рагъухъаби. Ва гьениса, рагъул кинаб хӏасил кканиги, кьуругеянги лъазабуна. Гьенив вукӏана 50 рагъухъан. Гьезда гьоркьов – аварагасул имгӏал Хӏамзаги.\n«Ухӏудалда рагъ ккана 625 соналъул 23 марталда. Бусурбаби бергьунел рукӏана. Маккаялъулал нахъе къалелги ва рагъул майданалдаса давла бакӏарулеблъиги бихьун, чӏорбутӏазул аскариял гохӏдаса гъоркье лъугьине байбихьула. Аварагас гохӏдаса кьуругеян лъазабун бугин абураб асхӏабзабазул ахӏухъ гӏинтӏамичӏо гьез.\nБусурбазул рагъухъабазда хадув халккун вукӏана къурайшиязул рекӏаразул бодул бетӏер Халид ибн Валид. Бадралда ккараб рагъулъ къурал къурайшиязе кутакалда бокьун букӏана бусурбабаздаса рецӏел босизе. Халидица аскаралъе буюрухъ кьола, бусурбабазда рихьиларедухъ нахъасанги ун, гьел сверун кквеян абун. Тохлъукьего тӏаде кӏанцӏараб къурайшиязул рекӏаразул боялъ бергьенлъи кодоб бугилан тохлъарал бусурбабазда гьоркьоб рихха-хочи лъугьинабула. Ва бусурбаби гьенир гъурула.\nУхӏудалда ккараб рагъ тарихалде ана, гӏадлу-низам хвезабиялъул хӏасилалъул мисал хӏисабалда», – ян бицана Т. Гӏумахановас.\nРехсараб мегӏералъул ахада буго гьеб рагъулъ шагьидлъарав 70 асхӏабасул хоб. Гьенив вукъун вуго «шагьидзабазул цевехъанилан» жинда цӏар чӏварав аварагасул имгӏал Хӏамза ибн Гӏабд ал-Мутӏалибги. «Гъоркьиса риидал кутакал чвахунцӏадал рана Мадинаялъул ракьалда. Асхӏабзабазул хобазда тӏаса ракь чурун ун букӏана. Бицунеб букӏана, жаназаби, жакъа хабалъ лъурал гӏадин, щибго хисичӏого, ратанилан», – ин бицана Тулпарица.\nУхӏудалде унеб нухда, цогидал бакӏаздаго гӏадин, кидаго рукӏуна базаргаби. Гьениб цояз цӏорораб лъим бичула, цогидаз – маккал кваназаризе могьолал, лъабабилез – чӏумал, ретӏел ва цогидаб къайи. Рукӏуна садакъаде лъим ва чамасдак бикьулелги. Нижееги щвана гьелъул бутӏа.\nУхӏудалдаса тӏадруссунаго, ниж рачана чамасдакил ах бихьизе. Цӏакъ берцинго гӏуцӏун бугоан гьелъул сверухълъи. Суратал рахъизеги ахикье лъугьинеги рес кьола, щивав чиясухъа дагьа-макъабго гӏарацги (сагӏудиязул щуго риал) босун. Хӏухьбахъиялъе санагӏатаб берцинаб бакӏ батана гьеб.\nУнкъо къо Мадинаялдаги бан, ниж ана Маккаялде. Гьелъул хӏакъалъулъ бицина хадусел макъалабазда.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "sahli-cziuni-asliyablun-kkoleb-batani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=sahli-cziuni-asliyablun-kkoleb-batani", "title": "Сахлъи цӏуни аслияблъун кколеб батани…", "date": "2026-02-02 12:35:30", "categories": ["magiarukh", "med"], "text": "2024 соналъ, щибго гурел гӏиллабиги ургъун, къана 1957 соналдаса нахъе аза-азар унтаразул сахлъиялъе квербакъи гьабураб ва гӏемерал унтаразул баркалаялъе мустахӏикълъараб Игьали участкаялъулаб больница. Гьеб мехалда жамагӏаталъул чанго чи ана районалъул бетӏерасухъе, бегьулеб батани, гьеб къачӏого теялъе квербакъи гьабеян гьаригун. Хӏасил ккечӏо. Гьебго къокъа ана районалъул прокурорасухъе ва кьуна гьесие гьадинаб суал: «Ниж ахӏи-хӏур гьабизе Махӏачхъалаялъул майданалдейищ рахъинел, нухал къазейищ лъугьинел?» абун. «Гьеб мехалда нужер 3-4 гӏолохъанчиги инила жанир лъезе рачун, хадур балагьун нужги хутӏилилан» кьуна жаваб. Рагӏи кьуна гъорлъе ваккун гьеб суалалъухъ балагьизе. Гьелда ишги къокълъана. Амма, циндаго кибего пикру щун бахъунарелъул, хадур гурони кантӏичӏо СВОялъул гӏахьалчагӏазул гӏага-божаразул къокъаги цебе къотӏун ине кколаан ниж тахшагьаралде, гьале гьал рачейин жанир тӏамизеян абун. «Магӏаруласул нахъа гӏакълуйилан» абун гьечӏищха.\n80-гӏанасев игьалисев ккола СВОялъул гӏахьалчи. Руго чӏваралги, тӏагӏаралги, чанго нухалда лъукъаралги, гӏемерисел — шапакъатазе мустахӏикълъаралги. Гьезул цӏаралдасан битӏана кагъат республикаялъул бетӏерасухъе больница къачӏого теялъе кумек гьарун. Хӏасил ккечӏо.\n«Цӏияб къагӏида»\nГӏажаиблъи гьабизе бачӏуна цо-цо идарабаздасан, гьездаго гъорлъ Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдасан, тӏаса рихьиялъе рачӏунел жавабазда: «Нужер больницаялда гӏемераб налъи букӏун бугила, гьедин къанги бугила», «Нужер больница мекъи хӏалтӏулеб букӏун бугила» ва гь. ц. Дида кинго бичӏчӏуларо, кинаб налъи букӏунеб больницаялда хадуб? Кин гьеб мекъи хӏалтӏулеб?\nВахӏ, чанго соналъ мекъи хӏалтӏулебги букӏун батани, налъабиги рукӏун ратани, гьеб лъил гӏайиб? Къаялда цебесеб тӏокӏаб батӏияб гӏадлу-тадбиргойищ букӏунареб хадурккун гьел гӏунгутӏаби тӏагӏинариялда тӏад иш тӏадал хӏалтӏизе рукӏине? «Тӏагъур бахъун вачӏаян витӏарав бетӏерги къотӏун вачӏарав» гӏадинаб жо кколеб гьечӏищ гьеб? Больница къаялдалъун аслияб зарал кколел чагӏи щал? Унтарал гурищ? Гьезда бугеб гӏайиб щиб? Гьел кколел ругоха «гӏайибго гьечӏел гӏайибиял». Налъи батани, жидецаго дарабиги росун, рокъоса квенги бачӏинабун, гьенирги регун сах гьариялъул курс гьабизегӏаги бегьилаангури унтараз! Пачалихъалъ бюджет дагь гьабун батани, гьелда рекъезаризегӏаги бегьилаангури хӏалтӏухъабазул штатал.\nГьел киса-кирего къалел ругилан абулелги рукӏана. Дица бухьен гьабуна Болъихъ, Гӏахьвахъ, Унсоколо, Хунзахъ районаздаса гӏадамазулгун. Жидер гьанибе гьел больницабиги къан халкъалъул сахлъи цӏуниялъул «цӏияб къагӏида» жеги щун гьечӏилан абуна гьез. Щвезе хъванги батугегиян гьарана дицаги.\nБищунго гӏажаиблъи гьабизе бачӏунарищ къараб больницаялъул минаялъе ремонталъеян чамали миллион гӏарцул биччан букӏин! Гьениб «дневной стационар» абулеб идараги рагьун, росу бакьулъ бугеб амбулатория бахъизейила гьенибе. Чанго гӏунгутӏи букӏана къалелде цебе больницаялъе нухмалъи гьабулев вукӏарав тохтур Мухӏамадов Гӏумарица гьеб бакӏалда больница букӏине бегьунгутӏиялъе рехсараб. Гьезул аслияблъун гьес рикӏкӏунеб букӏана мина бугеб бакӏ ракь ччукӏиялда хӏинкъи бугеб букӏин. Амма дицаго бищунго аслияблъун тола унтаразул сахлъиялъе ккезе бугеб зарал. Кинаб хехаб кумек щвезе бугеб тохлъукьего унти чӏваразе километралъ рикӏкӏад бугеб яги къокъидалъ, зодихъе балагьараб борхалъиялде 30-гӏан болъоялъги рахун лъелго ине ккаразе? Унтичӏелги унтиларищ? Гьел ремонталъе риччарал миллионаз бецӏизе бегьилаан гъоз абулеб «налъиги», амбулаториялда гъоркь, чанго соналда жаниб цо нухалда гурони (рищиязул къоялъ) жанире лъугьунареб саламатаб залалда жанир гӏуцӏизе бегьилаан кигӏанги лъикӏал шартӏалги, гьел рищиялги клубалъул аслияб залалда жанир бегьилаан тӏоритӏизе, батӏияб гӏилла больница къаялъе батичӏони, унтаразухъ дагьабниги рекӏел бухӏиги батани! Гуро, дир хӏисабалда гьеб букӏине ккола, хасаб мурадалъе гӏоло тӏасахун кьураб амру, «хӏур тамахаб бакӏалда» гӏумруялде бахъинабулеб цӏияб хӏалбихьи, можороялъ къунгӏаги ратилаха ниж, гьечӏелъул республикаялъул тӏалъиялда цониги кумек гьарун аскӏоре ине игьелдерил «даци» яги депутат.\nГурого долщинал районазда цониги больницайищ букӏинчӏеб нижер гӏадинаб «налъиги» бугеб яги мекъи хӏалтӏулеб? Гӏадамазул сахлъиги, унтаразе заманалда кумек щвейги гурелъулха тӏадчагӏазе хӏажат бугеб! Бихьичӏезда лъаларелъулха балагьалъул кьогӏлъи.\nГьеб суал чанго нухалда борхун букӏана «Хӏакъикъат» газеталдасанги:\n«Киб бугеб мун, ритӏухълъи?» (№ 29, 02.08.2024 с.), «Игьелдерил гӏарзги министерствоялъул баянги», «Ахӏи балеб буго, рагӏулеб гьечӏо» (№ 2, 17.01.2025 с.) ва щибаб макъалаялъул ахиралда жал гьеб суалалде, мухӏканаб цӏех-рех гьабун гъорлъе раккун, жеги тӏадруссинин абунги хъвалеб букӏана.\nНижерго Гумбет райцентралда цо минаялъул къадада чӏван бихьана гьадинал рагӏаби тӏад хъвараб игӏлан: «Общая задача одна для всех – улучшение качества жизни населения» (Меликов С. А.) абун. Халкъалъул гӏумрудул даражаялъул аслияблъун дида бихьула тӏоцебесеб иргаялда сахлъи цӏуни. Цебе нижер хьиндаллъиялъул бокьараб росулъа унтарал къабул гьарулеб, «межрайонная» абун больница букӏана Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ, гьединабго больница букӏана Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда, кутакалда разиго гӏадамалги рукӏана. Гьезулги статус хисун буго, гьанжейин абуни нижер унтарал ине кколел руго шагьаразде.\nГӏемеразда лъалебги рагӏунги батила, Игьали буго хасалил кӏиго моцӏалъ бакъ щолареб росу. Гьеб заманалда цӏикӏкӏуна унта-щокълъи, хасго гӏисиназда ва ригь аразда гьоркьоб. Халгьабеха, кинаб кумек щвезе бугеб унтаразе къад гурони хӏалтӏулареб ва рикӏкӏада бугеб больницаялъул?\nАхирисеб гьари\nГьанжеги ракӏалда букӏана Дагъистаналъул бетӏерасда гьаризе, лъабазаралда хадуб рухӏ бугеб Игьали росдал администрациялъул ракьалда участкаялъулаб больница къачӏого теялъе кумек гьабун бажарулареб батани, къад заманалъ гурони хӏалтӏулареб «стационар» абулеб жоялъ нижер унтаразул мурадалги тӏураларин, росу бакьулъ бугеб амбулатория гӏаги бугелъубго теялъе, гьениб 2-3 медхӏалтӏухъанасул штатги цӏунизе квербакъи гьабеян.\nНижер ахирисеб хьул буго, Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул нухмалъиялда цониги «Хӏакъикъат» газета цӏалулев чи ватизе бегьулин, киридахъниги гьес гьаб суал халгьабиялдеги босилин, нижер жамагӏаталъул унтиги гьесда бичӏчӏилин, кумекалъе квербакъиги гьабилин абураб.\nМагьди Гӏабдурахӏманов, РФялъул Журналистазул ва Хъвадарухъабазул союзазул член, Игьали росу"}
{"slug": "dur-gitiinab-zani-zanazul-rohob", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dur-gitiinab-zani-zanazul-rohob", "title": "Дур гьитӏинаб зани заназул рохьоб…", "date": "2026-02-05 13:34:57", "categories": ["insan", "rel", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Исана 155 сон тӏубала имам Шамил Аллагьасул къадаралде щваралдаса. Гӏемераб жо лъугьана гьелдаса нахъе, чанги балагьалги талихӏалги къоял хӏехьезеги рорхизеги ккана Дагъистаналъги магӏарулазги. Гьезда гьоркьор рукӏана имам веццаралги гьесде гъегъ баралги къоял. Амма сундухъго балагьичӏого, кигӏан мех баниги, кӏочон течӏо халкъалда Шамилги гьесул бахӏарчияб тарихги, свинчӏо гьев багьадурасдехун халкъалъул рокьиги хӏурматги. Магӏарулазул гьеб хӏалги пикруги пасихӏго загьир гьабун буго Инхелоса Къурбанил мухъазулъ:\nЧӏухӏула Дагъистан дур харбидалъун,\nДунял биххизегӏан мех ккун бицунеб.\nЦохӏо гамачӏалъул си гӏезабулеб,\nСахаб гьумер ками кида кӏоченеб!\nЖакъа, имам Шамил ракӏалде щолаго, гӏорхъи гьечӏеб щукру гьабизе бачӏуна Бетӏергьан Аллагьасе, гьединав гӏажаибав, ватӏанги миллатги дунялалда рагӏизабурав инсан магӏарул халкъалда гьоркьоса вахъинавуралъухъ.\nБаянаб букӏахъе, имам Шамил хвана ва вукъун вуго хирияб ракьалда – Мадина шагьаралъул Бакъигӏ абурал хабалазда. Амма гӏемерисезда лъаларо гьесул гӏумруялъул ахирал лахӏзатал кин аралали, кин ва лъица гьев абадияб рокъове тӏовитӏаравали. Къанагӏат ругониги, цо-цо асаразулъ дандчӏвала гьеб хӏужаялде канлъи рехарал бакӏал.\nГьединазул цояб ккола «Дагъистаналъул гъалбацӏ имам Шамил» абураб турказул хъвадарухъан Тӏарикъ Мумтаз Гёзтепел тӏехь. Гьеб хъвалаго, авторасе кумек гьабун буго гьесулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏарал имам Шамилил вас Мухӏамадкамилицаги гьесул вас Сагӏид-бегицаги. Гьединлъидал гьеб тӏохьода Шамилил гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицараб жо ккола гьев кӏиявго инсанасул кӏалдиса араб, гьез бицараб ва гьезул бер кӏутӏараб хӏакъаб жо.\nГьайгьай, бицен гьабулеб тӏехь кколаро гӏелмияб цӏех-рехлъун, гьеб буго документалиябгун художествияб жанралда хъвараб асар. Гьединлъидал гьелъул мацӏги буго гьеб жанралда рекъараб. Гъоркьехун кьолеб буго «Дагъистаналъул арслан имам Шамил» абураб тӏохьодаса къокъ гьабун буссинабураб имам Шамилил гӏумруялъул ахирал лахӏзатазул хӏакъалъулъ жинда жаниб баян кьураб бутӏа.\n* * *\nШамил, тӏуванго дунялалъул ишаздаса рикӏкӏалъун, рухӏанияб гӏаламалде гьоркьове арал дол къоязда цӏакъ загӏиплъана ва ахиралдаги кӏудияб гӏазаб-гӏакъуба хӏехьезе кӏолареб хӏалалде ккана. Гӏумруялъул ахирал къоял Шамилие зинданлъун гьарураб гьеб унти доб заманалда лъазе ва дару гьабизе рес гьечӏеб халатаб ва цӏакъ захӏматаб унти букӏана. Цо-цо мехалда гьев, чаран гӏадав гӏадамасул гъваридаб зигара рагӏулаан, ва гьеб хӏал рагӏаразул ракӏал унтулаан.\nЖиндир сахлъи ахирги хьул къотӏараб, дарман гьабизе рес гьечӏеб бакӏалде бачӏараблъи бичӏчӏарав Шамилица султӏан Гӏабдулгӏазизихъе хъвала кагъат гӏурус пачаясда гьарейин, ахираб нухалъ вихьизе гӏоло, Россиялда хутӏарав кӏудияв вас Гъазимухӏамадие Турциялде вачӏине изну кьейилан. Султӏан Гӏабдулгӏазизица кумек гьабула хӏурматияв гьоболасул ахираб гьари тӏубазе гӏоло.\nИнсул хӏакъалъулъ хабар рагӏараб мехалда, кӏудияб ургъелги чӏван, Гъазимухӏамадица сапар бухьуна Россиялдаса Хӏижазалде.\nШамилил чорхол хӏал цӏакъго цӏакъ захӏмалъулеб букӏин бихьарал гьесул лъудби Загьидатицаги Шугӏайнатицаги хабар гьабула шайих Ахӏмад ал-Рипагӏиде, имамасул ахӏвал-хӏал цӏакъго квеш бугилан абун. Шайих Ахӏмад ал-Рипагӏи гьебго минадул цогидаб цо бутӏаялда вукӏана гӏумру гьабун. Къокъаб заманалда жанив Шамилил рухӏияв ва иман бугев вацлъун лъугьарав гьев камилав ва ритӏухъав шайих вачӏараб мехалъ, унтарасул бусада сверухъ ракӏарун рукӏарал гьесул хъизаналъул чагӏи, гьебсагӏат рокъоса къватӏире ана. Гӏицӏго гьанжего гьанже анкьго сон барав, Мадинаялда вукӏарав цохӏого цо вас Мухӏамадкамил, Шамилил гьариялдалъун, рокъов жанив тола ва вахъун чӏун вукӏуна.\nШайих Ахӏмад ал-Рипагӏи, рокъове жанивеги лъугьун, Шамилил къаданив чӏола. Кӏудияб рокьигун ва пашманлъигун валагьула гьев ахираб цӏа свине хӏадурлъарал гъваридал ва гӏодориччарал Шамилил беразухъ. Жеги рухӏ бахъичӏев ва гӏакълуялда вукӏине хӏаракат бахъулев вукӏарав Шамилидехун, Аллагьасда цеве чӏезе рес щварав цо шагьидасдехун кинигин, хитӏаб гьабула гьес. Шайихасул рагӏабазул магӏна букӏана гьадинаб: «Ле, Аллагьасда цеве вугев дир вац, дуца абе Аллагь цо вугилан ва, гьев тун, батӏияв Аллагьги гьечӏилан!»\nКӏудияб рухӏ Аллагьасе кьезелъун машгъул вукӏарав ва хӏалуцараб унтуда жанив вухӏулев вугев Шамилица, гьеб хитӏаб рагӏарабго, жиндир бетӏер къадруялда ва асар гьабиледухъ шайихасдехунги буссинабула. Ва гъваридаб макьидаса ворчӏарав гӏадин, бералги рагьулаго, квераз ишан гьабула. Бищунго балагьал ва хӏакъал хвелал хӏинкъизарурав ва гӏажалал соназ даим гьел нахъчӏвалеб букӏараб Дагъистаналъул гъалбацӏил жал Бичасул хиси гьечӏеб ихтияралда цебе бортула ва мукӏурлъиялъул рецц лъаларев гьев багьадур тӏоцебесеб ва ахираб нухалда жиндир Бетӏергьанасе мутӏигӏлъулев вукӏана. Гьеб лахӏзаталда Шамилица кӏиябго квералъул килщал цоцалъ рахараб хӏалалда каранда лъола. Хӏурматияб ва къадруяб ахираталъул нухлулас, абадияб сапаралде вахъунаго, кверазе хӏаракат гьабизе квалкваллъун букӏараб гьеб хӏалалдаса ворчӏизе гӏоло, жиндие кумек гьабизелъун, свине хӏадурлъарал бераз ишан гьабула. Гьебсагӏат, цоцаздаса ратӏа гьарун, килщал эркенлъарав Шамилица, кверал черх халаса риччала ва, кваранаб квералъул шагьадкилищги борхун, шагьадат битӏула.\nГӏурус пачаясул макьу тӏуризарурал ва бищунго къуватал аскарал санаца щущахъ рихизарурал нуралъул ва цӏадул цӏурал имамасул берал, Мадинаялъул завалалда свине хӏадурлъулеб букӏараб маркӏачӏул бакъуда цадахъ гӏадин суна. Бесдаллъараб Кавказ зинданалъул бецӏлъиялъубе рехараб гьеб балагьаб бакъкквей букӏаго, маркӏачӏул как базе анцӏила щуго минут хутӏула. Букӏана гьижрияб тарихалъул 1287 соналъул 25 зулкъагӏида, хамиз къо.\nГьижрияб 1212 соналда Дагъистаналъул Генуб росулъ гьавурав Шамил, жиндир кӏудияб цӏар тарихиял асараздаги машгьурал биценаздаги тун, 74 сон бараб мехалда Аллагьасда цеве чӏола ва Аварагасул гьоболлъун лъугьуна.\nШамилил рухӏ босаралдаса дагьаб мех иналдего, гьесул жаназа гъоркьияб тӏалаялда букӏараб Рипагӏи тӏарикъаталъул зикру ва гӏибадат гьабулеб хасаб рокъобе жанибе босула ва, нуцӏбиги къан, гьеб сордоялъ гьениб цӏунула.\nНахъисеб къоялъ, рогьалида жинцаго гьеб бакӏги рагьун, шайих Ахӏмад ал-Рипагӏи хварасул къаданив чӏола ва Шамилил хъизаналъул чагӏи ахӏула гьенире, гьезда ахираб нухалъ мунагьал чурадил гьумер бихьизе гӏоло.\nЦее Шамилил кӏудияй лъади Загьидатги гьаюн, Шугӏайнатги, ясал Патӏиматги, Сапиятги, Баху-Меседоги, Нажабатги, гьелъул рос Давудги, Шамилил бищун гьитӏинав вас Мухӏамадкамилги, гьесухъ ялагьулей Валигъизги мунагьал чурадил жаназаялда сверухъ чӏола.\nГьебмехалда шайих Ахӏмад ал-Рипагӏица, гьанжего гьанже анкьго сон барав Мухӏамадкамилил кверги ккун, гьев Шамилил хирияб жаназаялде аскӏовеги вачун, абула: «Дир вас, инсул хирияб кверда убач гьабе», – ян. Васас бесдаллъиялъул пашманлъигун ва виххигун кӏиябго квералъ босула хвалчадуе бищун тӏадегӏанаб къиматги къадруги кьураб, жинда релълъараб тӏокӏаб гьечӏеб гъалбацӏил квачӏ ва гьелда убач гьабула.\nШайих Ахӏмад ал-Рипагӏица, лъимадул бесдалаб ботӏродаги къочун, абула: «Гьеб гьуинаб махӏ буго гӏицӏго шагьадаталъул даражаялде хиралъаразул букӏунеб махӏ. Ва, щаклъи гьечӏого, дур эмен ккола, Аллагьасул бищун мустахӏикъал шугьадазул гӏазизаб къапилаялъул церехъабаздаса цояв», – ан.\nМадинаялда гӏусманиязул падишагьасул вакиллъун вукӏарав шайихулхӏарам Хӏажи Амин-паша, Шамилил хъизаналда зигараги бан, имамасул жаназаялде аскӏове вачӏуна. Гьес жинцаго халгьабула гьеб чурулеб ва гьелда мусру жемулеб къагӏидаялъухъ. Жаназа чурулаго, Хӏажи Амин-пашаца, гулгунги босун, лъим тӏола. Гьедин гьес загьир гьабула Шамилидехун бугеб жиндир вазипаги падишагьасул цӏаралдасан бищунго тӏадегӏанаб ва кӏудияб хӏурматги.\nШамил вукъулеб къоялъ, гьесул табуталда гъоркь лъугьуна Мадинаялъул гӏадамазул махӏшар. Кодов ккун восун, гьев кӏудияв, чӏухӏарав абадияв нухлулав, Аварагасул хирияб хабада аскӏове щвезавуна ва, жамагӏаталъул гучаб хӏузургун, гьениб жаназаялъул как бана. Хадуб Жаннат ул-Бакъигӏилан абулел хабалазда, Аварагасул руччаби рукъун ругеб зияраталда аскӏоб, Шамилие цебего рекӏее гӏун букӏараб гьитӏинаб цо гохӏккараб бакӏалда вукъана.\nАхӏмад Муртазагӏалиев"}
{"slug": "halkale-tarab-kimatab-irs", "url": "https://hakikat.info/?nationals=halkale-tarab-kimatab-irs", "title": "Халкъалъе тараб къиматаб ирс", "date": "2026-02-05 13:38:02", "categories": ["insan", "rel", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, халкъал цолъиялъул лъагӏеллъун лъазабураб 2026 сон Дагъистаналда Шамил имамасул гӏумруялда, тарихалда бугеб гьесул кӏваралъул хӏакъалъулъ бицунел, гьеб бихьизабулел тадбираздалъун байбихьи лъикӏаб гӏаламат бугин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул Дагъистан цолъизабулеб гьесул къисматалъул бахӏарчияб мисал буго гӏелаз гӏелазухъе кьун бачӏунеб.\nР. Хӏамзатовас абухъе, нилъер республикаялъул гӏемерисеб тарих хъван буго хвалчабазгун хунжруз. Гьеб захӏматаб, амма бахӏарчияб тарихалъул аслиял хӏаракатчагӏазул цояв ккола Шамил имам.\nНилъеца къимат гьабула Дагъистаналъул тӏоцевесев нухмалъулев (1921-1931 сонал), гьелъул тӏоцебесеб Конституция хъваразул цояв Жалалудин Къоркъмасовасул. Амма, хӏакъаб жо буго, гьеб Конституциялъул кьочӏое босун букӏин Шамилица гӏуцӏараб пачалихъалъул миллатазул цолъи, халкъазул эркенлъиялъул пикру.\nШамилил цӏар ва гӏумру жакъасел шартӏазда буго халкъазул пикру жиндехун буссинабулеб мисаллъун. Рухӏияв цевехъан, гӏакъил, пачалихъ гӏуцӏарав хӏаракатчи, дипломат, рагъул цевехъан, бахӏарчи – гьел ккола цо чиясул гӏумруялде рахъинаризе кӏоларел напсиял хасиятал ва бергьенлъаби.\nИмаматалда ритӏухълъиялъул, эркенлъиялъул, намус-яхӏалъул, миллатазул гъункиялъул хӏукъукъал хӏакъикъаталдаги аслияллъун лъугьинаризе, пачаясул къуват цӏикӏкӏарал аскаразда тӏад тарихалде арал бергьенлъабиги росулаго, кӏудияб империялде данде чӏезе бажари ва гьеб ракълиде бачин – гьеб бигьаяб масъала гуро. Гьеб буго унго-унгояв халкъияв бахӏарчиясул кӏочонареб мисал. Гьел аслиял рахъаз кигӏан имам какизе, гьесул кӏвар гӏодобегӏан гьабизе цо-цояз хӏаракат бахъаниги, гьел мурадалдеги щвезе гьечӏо.\nШамилил къисматалде гӏелмияб бербалагьи\nКидаго букӏана Шамилил къисматалдехун цӏикӏкӏараб гӏелмияб бербалагьи. Гьенир аслияллъун рихьизарулел руго гьес кьучӏдасанго цӏияб пачалихъ гӏуцӏиялъул ва гьелъие нухмалъи гьабиялъул, пачаясул аскаразде данде гӏемерал соназ бахӏарчияб рагъ гьабиялъул, ва гьеб ракълидалъун лъугӏизеги гьабун, Кавказ Россиягун цолъизабиялъул хӏужаби.\nЖакъа нилъер тушбабаз бицунеб буго Шамил 25 соналъ гӏурусазде данде вагъанилан. Гӏицӏго гьелдехун кӏварги буссинабун, хадусеб тарихги хӏисабалде босичӏого, гӏурусаздаги кавказалъулаздаги гьоркьоб питна бекьизе кӏвараб хӏаракат бахъулеб буго. Гьеб буго нилъер гӏолеб гӏелалда тарих къадарго лъалеб букӏиналъул хӏасилалда бицунеб гьереси.\nЛъиеха жакъа гьеб гӏакса буссинабураб къисматалъул гӏахьучӏалгун чӏанда хӏажат бугеб? Гьеб суалалъе жаваб гьабулаго, хӏисабалде босизе ккола гьединаб къагӏидаялда тарих мекъи бихьизабулаго, нилъер «гьудулзабаз» жакъасеб гӏумруялда гъоркь гьеб кьвагьизе тункӏил хер лъолеб букӏин.\nИмамасул рекъел —\nхалкъалъул мурад\nБокьараб рагъ лъугӏула рекъел гьабиялдалъун. Амма рекъел гьаби букӏуна батӏи-батӏияб. Кидаго гуро гьеб къадруяблъун букӏунеб. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда ккараб гӏадин, къеялъе мукӏурлъигун гьабураб рекъелги рекъел ккола. Амма бергьарасул ихтияралде гӏадатияб куцалда тӏубанго къисмат кьечӏого гьабураб рекъел – гьеб буго рагъулезда гьоркьоб, кӏиябго рахъалдасан цо пуланал шартӏалги чӏезарун, гьабураб ракълилаб къотӏи-къай.\nГьелде тӏадеги, гӏемерал рагъазул хӏасилалда къуват-къадар дагьал, ресукъал пачалихъал империяз жидедаго жанире рачуна. Гьеб буго гӏадатияб иш ва гьелда гӏажаиблъи гьабизе кколаро.\nАмма жидеда тӏад бергьенлъи босарал гьел пачалихъазул гӏадамаз кинаб бакӏ кколеб империялда жанибали лъазе захӏматаб жо гуро. Балагье, кире арал Америкаялъул индейцал, кибе тӏагӏараб гьезул маданият, дин? Ялъуни халгьабе кинаб бакӏ ккураб Испаниялъ гъорлъе бачараб, жидеца исламияб дин гьабулеб Мавританиялъул халкъалъали. Гьединал халкъаз гьел жанире рачараб империялда хӏурматияб бакӏ кквей буго кутакалда къанагӏатаб иш. Аслияб куцалда гьел, ихтияраздаса махӏрум гьарун, жидеего бокьухъе чӏезарула.\nИмам Шамилие абуни рес щвана жинца байбихьичӏеб рагъ къотӏизабизе ва, рекъелги гьабун, бусурбабазул динги, маданиятги, гӏадат-гӏамалги хӏакъир гьабичӏого цӏунизе.\nГьединлъидал имамас доб заманалда гьабураб рекъел ккола кӏудияб бахӏарчилъиги дипломатасул гьунарги: гьале жакъаги Кавказ буго Россиялъул хӏурматияб бутӏалъун. Гьединал мисалал цоги гьечӏо. Северияб Кавказалъул къадар дагьал халкъал Россиялъул империялде гъорлъе инчӏого, батӏияб къисматгун талихӏаллъун рукӏин цӏакъго щаклъи кколеб хӏужа буго.\nИнсанияталда машгьурлъи — ритӏухълъиялъул гӏаламат\nШамил имам жакъа вуго улкаялдаго цӏар рагӏарав бахӏарчи, гьесул гӏумруги буго нилъер гӏаммаб бечелъи. Гьесул цӏар кьун буго районалъе, къватӏазе, цӏалул идарабазе, музеязе, мажгитазе, мадрасабазе, фондазе, жамгӏиял гӏуцӏабазе ва батӏи-батӏиял премиязе.\nИмамасул цӏар тӏибитӏун буго Россиялъул насраниязул машгьурал хӏаракатчагӏазулго, философазулго гӏадин.\nГьесул къадруялъе кӏудияб къимат кьола насранияб диналъул хӏаракатчагӏазги. Масала, Шамил имамасул цӏаралда бугеб Тӏолгодунялалъул «Имам Шамил: халкъ цолъизабулеб ирс» абураб тӏоцебесеб форум рагьулаго, гьениб доклад гьабуна Москваялъул ва тӏолабго Россиялъул Патриархасда цебе гӏуцӏараб Экспертияб советалъул председатель, иеромонах Григорийицаги (Матрусов).\nЖиндир заманалда динияб ва дунявияб кверщел кодоб букӏарав имамас жакъаги кьолеб буго нилъее гӏаданлъиялъул, рекӏел бацӏцӏалъиялъул ва рацӏцӏадго хьвадиялъул унго-унгояб дарс. Пачаясул генерал, мемуарист Дмитрий Ильич Романовскияс хъван буго, Шамилил хазинаялдаса гӏемераб бечелъи, гӏарац унеб бугониги, гьев живго вукӏанила кутакалда вацӏцӏадав, бугелдалъун чиясе кумек гьабулев инсанилан.\n1996 соналда дун Дагъистаналъул халкъ социалияб рахъалъ хьезабиялъул министрлъун тӏамидал, дие бокьун букӏана кисан тӏоцебе пенсия баккарабали лъазе ва гьелъие гӏоло гӏемерал тӏахьал цӏалана. Аслияб куцалда гьениб бицунеб букӏана гьеб Совет Союзалъул заманалда гьабураб бигьалъи бугилан. Жеги гъварилъуде ваккидал, лъана пенсия тӏоцебе гӏумруялъул 70 сон тӏубаразе 1889 соналда Германиялъул канцлер О. Бисмаркица чӏезабиялъул хӏужа. Гьеб заманалда Германиялда инсанасул гьоркьохъеб ригь букӏун буго 30 сон. Амма 1871 соналдаго Аллагьасул къадаралде щварав Шамил имамасул Имаматалда ресукълъиялде ккарал, язихъал гӏадамазе гьединаб напакъа кьолеб букӏун буго гӏезегӏанго цересел соназдаго. Гьелъ бихьизабула кинаб социалияб рахъалде, рахӏмуялде, ритӏухълъиялде кӏвар буссинабураб пачалихъ имамас гӏуцӏун букӏарабали.\nШамилие кутакалда тӏадегӏанаб къимат кьун букӏана К. Марксицаги Ф. Энгельсицаги. Гьесул гӏумру ва тарих машгьураб буго Турциялда, Ираналда ва гӏарабазул улкабазда.\nГӏумруялдаса ватӏалъаралдаса 155 сон араб жакъа къоялдаги имамасул бахӏарчияб къеркьеялъги, жигараб хӏаракаталъги халкъал цолъизарулел, гьезулъ бихьинчилъиги бахӏарчилъиги бижизабулеб батани, цоги кинабха букӏине кколеб гьесие кьолеб къимат.\nДагъистаниязда киданиги кӏочонаро гьесул гӏумруялъул, гьунаралъул хӏакъалъулъ гӏелмиял, художествиял, публицистикиял хӏалтӏаби ва тӏахьал хъварал гӏалимзаби: Къарахъа Мухӏамадтӏагьир, Аполлон Руновский, Александр Богуславский, Марям Ибрагьимова, Расул Мухӏамадов, Расул Хӏамзатов ва цогидалги. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола Рустам Ибрагьимовасул Кавказалъул рагъулъ гуребги, тӏолабго тарихалда жаниб имамасул гӏумруялъул тӏанчал рагьулеб, дагьаб цебе газеталъул гьурмазда жиндир хӏакъалъулъ бицун букӏараб «Имам Шамиль. Восхождение к миру» абураб 10 томалдаса гӏуцӏараб асаралъги.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "kadruyal-bakarab-bak-gvangun-bugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kadruyal-bakarab-bak-gvangun-bugo", "title": "Къадруялъ бакараб бакъ гвангъун буго", "date": "2026-02-06 11:42:21", "categories": ["insan", "shapak-atal", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Хунзахъ районалъул цӏар бугел васаз цӏар босулеб буго гьале жакъаги. Бахӏарчилъиялъул къиса къалъарал умумузул наслу цӏилъулеб буго.\nХунздерил тӏалъуда тӏавап гьабулел цӏумазул борхалъи тӏаса бищараз цӏарал цӏвабзазухъе ритӏулел руго, чилъиялъул сарин ахӏулеб буго.\nУлкаялъул тарих цӏигьабун хъвалел чӏухӏи бихьуларищ гьезул роржадул!? Мугӏрузда тӏегьараб тӏадегӏанлъиялъ талихӏалъул къиса бицунеб буго…\nТарихалъул тӏанчалги нахъехун регулаго…\nСВО байбихьаралдаса нахъе дица жидер хӏакъалъулъ макъалаби хъварал гӏемерисел бахӏарзазул кӏудиял умумул кколел ратана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи-бахӏарзал. Гьелъул магӏна ккола бахӏарчиял умумузул цӏаразеги гьунаразеги мустахӏикъал ругин жакъасел гӏолилал-бахӏарзалин абураб. Гьединаб, къадруялъ бакараб бакълъун гвангъараб къиса хадусел наслабазе толеб буго гьаб макъала дица жиндир хӏакъалъулъ бицунев вугев ракьцояв Мухӏамад Гьиматовасги.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчи, гӏемерал рагъулал шапакъатал щварав Хунзахъ районалъул Жалакьури росулъа Мухӏамад Гьиматовасда доб мехалда ракӏалдецин ккун букӏун батиларо жиндир цӏар кьурав ирсилас Ватӏаналъул парахалъи 80 соналдасанги цӏидасанги цӏунизе бугилан. Гьев ккола Ленинградалъул блокадаялда бахӏарчияб халкъалда цадахъ гьелъул бухӏиги, ракъи-квачги, хвел-гӏакъубаги гӏахьал гьабурав бахӏарчи. «Гӏумруялъул нух» илан цӏар кьураб магистралалдасан баччун буго 361 азарго тонна къайи-къоноялъул, гьезда гьоркьоса – кванил нигӏматазул 262 азарго тонна. Гьеб бахӏарчилъиялда гьоркьоб гьитӏинабго, амма кӏудияб багьадурлъиялъул бутӏа буго Жалакьуриса бахӏарчи, водительлъун хӏалтӏулев вукӏарав Мухӏамад Гьиматовасулги. Рагъдаса хадувги гьев хӏалхьиялда чӏечӏо – хӏалтӏана Буйнакскиялъул автопаркалда шоферлъун. Долдаса нахъе ана 85 сон — Ленинградалъул блокада байбихьаралдаса. 1944 соналъул 27 январалда Ленинград эркен гьабуна тушманасдаса. Гьал къояз улкаялда кӏодо гьабуна гьеб бахӏарчияб къо – 2026 соналъул 27 январь. Долдаса нахъеги ун буго 82 сон. Жакъа дица гьаб гьитӏинабго макъала сайгъат гьабулеб буго Ленинградалъул рагъул бахӏарзазе ва гьединазул цоявлъун вукӏарав Мухӏамад Гьиматовасул ирсилав, СВОялъул бахӏарчи Мухӏамад Гьиматовасе ва киналго жакъасел бахӏарзал-рагъухъабазе.\nБахӏарчилъиялъул нухазул къалъараб къиса\nКидаялиго вацлъиялъулаблъун букӏараб Украинаялда жакъа ватӏаналъул эркенлъиги цӏунун рагъулезда гьоркьов вуго Жалакьуриса Мухӏамадгӏалилги Тӏанусиса Наидалги вас, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчи, кӏудадалги кӏудада Мухӏамадил бахӏарчияб цӏар ирсалъе щварав Мухӏамад Гьиматов.\n27 сон гурони гӏумруялъул гьечӏев, СВО байбихьаралдаса нахъе гьенив вугев гӏолилав мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Гьелде тӏадеги гьесул руго Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул ва цогидалги шапакъатал:\n— «За боевые отличия» — кӏиго медаль.\nМедалал «Адмирал Кузнецов»,\n«За участие в специальной военной операции».\nЗнак отличия «За службу на Кавказе» ва цогидалги…\nГьале дица чӏухӏадго цӏалулеб буго Мухӏамадил бахӏарчилъиялъул нухазул къалъараб къиса:\n— гьавуна Мухӏамад Буйнакск шагьаралда. Цӏалана шагьаралъул №1 гимназиялда. 2016 соналда, 11 классги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Москваялде, Россиялъул пачалихъияб социалияб университеталъул юридикияб факультеталде. Цадахъго заочно цӏализе лъугьана экономикияб факультеталдеги. Цӏализеги цӏакъ лъикӏав вукӏана гӏолилав. Практикаялъ гьев витӏана Лефортово СУялде. Махщалиде бугеб гӏолиласул рокьиги, хӏалтӏуде бугеб гъираги бихьун, цӏали лъугӏун хадувги гьев ахӏула Лефортовалъул СУялъул кӏудияв следователасул кумекчилъун хӏалтӏизе. Гьенив Мухӏамад хӏалтӏана 2018-2020 соназ.\n2021 соналдаса жакъа къоялде щвезегӏан хъулухъ гьабулеб буго Россиялъул армиялда. Байбихьи лъуна Чӏегӏер ралъдал флоталъул Крымалда бугеб рагъулабгун ралъдал базаялъул радиотехникияб командаялъул ралъдал «Ковровец» рагъулаб гамаялъул радиометристасул хъулухъалдасан. Гьединго «Ковровец» рагъулаб гамил экипажгун цадахъ Мухӏамад гӏахьаллъана Сириялъул оперативияб зонаялдаги артиллериялъул радиометристлъун. СВО байбихьаралдаса нахъе хъулухъ гьабулеб буго «Георгий Курбатов» рагъулаб гамаялъул экипажгун цадахъ. Жакъа къоялде щвезегӏанги тӏуралел руго хасал рагъулал тӏадкъаял Донецк Республикаялъул Угледаралъул мухъалда отделениялъул командирасул хъулухъалда. Гьениб бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Гьединго гӏахьаллъана Херсон область эркен гьабиялъулъ тӏоритӏулел спецоперациязда взводалъул командирасул заместитель хӏисабалдаги.\n2022 соналъул щуабилеб июлалда Мухӏамад Гьиматов тӏамула рагъулабгун политикияб рахъалъ ротаялъул командирасул заместительлъун.\nГьабсагӏаталда Мухӏамад ккола Россиялъул Чӏегӏер ралъдал флоталъул артиллерияб дивизионалъул батареялъул командир. Мухӏамад гьединго гӏахьаллъана Курскиялда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназдаги. Гьелъухъ щвараб буго бахӏарчиясе кӏиабилеб медаль «За боевые отличия».\nТӏогьолаб гӏолохъанлъи, рокьул хӏикматаб рогьел\nБахӏарчияв кӏудадал бахӏарчияв ирсилав, Мухӏамад, дур гьунараз пана гьаюн йиго дун. Тӏогьолаб гӏолохъанлъи, гӏицӏго 27 сон – гӏищкъудай кьурал къоял, рокьул хӏикматаб рогьел.\nГӏагараб районалъул кӏиго росдал вакил мун. Улка цӏунулев вугев дуда бахиллъун йиго. Эмен Мухӏамадгӏали, гъваридаб сабру дуе. Эбел Наида, дуе макьу гьуинаб щваги.\nКӏиго ясалда гьоркьов цо вугев дару-дарман. Наилягун Жамиля, сахлъи нужер вацасе. Жалакьури – Тӏануси. Кӏиго росдал бахӏарчи. Бахӏарчиял умумул чӏухӏун руго дудаса.\nГӏагараб Хунзахъ район, дур цӏияб тарихалда талихӏал лъалкӏал толел руго гьав гӏолиласги. Улбузул макьу цӏунун гьужумалъ унев гьасул, къиса рагӏун, дур мугӏруз бутӏрул къулулел руго.\nБахӏарчияб кӏиго гӏел, Ватӏан цӏунун багъараб, жакъа нужер гьунарал щущан руго ракьалда. Хадусел наслабазул нухал къалъизе гӏоло, гӏагараб улкаялъул талихӏ даимлъиялъе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "czialarab-giolaro-czialkiizegi-kkola", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czialarab-giolaro-czialkiizegi-kkola", "title": "Цӏалараб гӏоларо, цӏалкӏизеги ккола", "date": "2026-02-06 12:10:18", "categories": ["insan", "k-ismatal-ul-kag-tal", "pismo"], "text": "Нижехъе гьоболлъухъе щун вукӏана Лъондода росулъа меценат Ахӏмад Гъазимухӏамадов, жиндирго вацасул вас Мухӏамадгун — Абу-Даби шагьаралда бугеб Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазул пачалихъияб банкалъул шаргӏияб аудиталъул департаменталъул бетӏергун. У, нужеда мекъи бичӏчӏичӏо: Мухӏамад Шагьрурамазанович ккола дунялалдаго цӏар араб банкалъул хӏаким. Битӏараб бицани, тӏоцебесеб нухалъ рагӏулеб букӏана «шаргӏияб аудитги», «исламияб банкинги» ва гьелда хурхарал цогидал рагӏабиги.\nТаманаб жо цӏализе ккезе бугин цин дицаго, — ян ккана ракӏалде шаргӏияб аудиталъулги исламияб банкингалъулги хъвазе ккани. Амма гьелдаса кӏвар цӏикӏкӏараб суал букӏана живго Мухӏамадил хӏакъалъулъ хъвазе ккей. Мугӏрузул ракьанда, расалъуда тӏибитӏараб магӏарул росулъа къисматалъ кӏиазарабилел соназул байбихьуда рикӏкӏадаб Египеталде ккараб Мухӏамадил хъизамалъ нахъа тараб нухлул лъалкӏалги, исламиябгун дунявияб лъай тӏалаб гьабулаго, батӏи-батӏиял пачалихъазде рухьарал сапаралги. Гӏадада гурелъул абулеб кинидаса бахъараб молоде щвезегӏан лъай тӏалаб гьабеян. Цо-цояз тӏадеги жубала, Китаялде щвезегӏан лъелго унги тӏалаб гьабизе кколин лъай абун. Тӏадехун абухъе, кӏудияв хӏакимчи вукӏаниги, гӏодове виччарав, сабураб каламалъул гӏолохъанчи Мухӏамадил хӏакъалъулъ паркъараб тӏоцебесеб пикру букӏана «Гӏадатлъиялъ тӏадегӏанлъарав инсан» абураб.\nАпараглъи: лъаялъулгун гӏумрудул университетал\n— Нилъеда лъалаха араб гӏасруялъул ахиралда рукӏарал рагъулал тунка-гӏусиял, цо дагьабги пикру цогидазулалдаса батӏиял чагӏазде гьабулеб букӏараб гьужум. Дир эмен Шагьрурамазаница пикру гьабуна, жиндирго инсуца малъараб динияб лъай-гӏелму гьоркьоб къотӏизе течӏого, Египеталде яги Сириялде ун, хадубккунги тӏалаб гьабизе. Бигьа букӏинчӏо дир эбел-инсуе, жидерго херал умумулги рехун тун, щиб ккелебали лъалареб галиги тӏамун, улка бахун къватӏире, апараглъуде ине, — ян бицана Мухӏамадица. – 2000 соналъул 7 июлалда щвана ниж Сириялде ва байбихьана «цӏияб» гӏумру. Дагьа-макъабго гӏараб мацӏ лъалеб букӏиналъ квербакъана лъай тӏалаб гьабиялъе «рагъа-рачаризе». Гьебго соналъул октябралда дун цӏализе лъугьана Дамаскалда бугеб пачалихъияб Аль-Фатхӏ институталде. Шаргӏияб абун цӏар бугониги, къоло кӏиго батӏияб предмет лъазабулаан нижеца гьениб. Гьениб щвана дие исламияб лъаялъул кьучӏ. Хадубккун лъай щвана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Мадинаялда бугеб исламияб университеталда. Гьениве цӏализе лъугьана 2003 соналда. Лъай тӏалаб гьабизе гъира бугел гӏолилазул рес буго жакъа дунялалъул бокьараб улкаялде ине ва гьеб щвезе. Щибха гьелъие хӏажатаб жо? Телефоназде ругьун гьаричӏого, тӏахьал цӏализе малъила лъималазда, лъаялда тӏадчӏей гьабила: рахьдал мацӏазда кӏалъай лъималгун, авар мацӏги малъе гьезда. Гӏурус мацӏалда дандечӏарав чи гуро дун, гьебги лъазе ккола, жакъа ресал гӏатӏидал ругелъул, лъазе ккола гӏарабгун ингилис мацӏалги. Чияр пачалихъазул цӏалул идараялде щведалги лъазабизе ккола бащдаб лъагӏелалъ ингилис мацӏ. Захӏматаб жо щибго гьечӏо лъай тӏалаб гьабизе къваригӏаразегун хадусеб гӏумруялъул пикру гьабулезе. Малайзиялъул Куала-Лумпуралда бугеб халкъазда гьоркьосеб INCEIF университеталде цӏализе лъугьараб 2010 соналда байбихьана исламиял финансал, ай проценталги тӏаде рехун, риба гьабун гуреб, шаргӏияб къагӏидаялъ банказдаса босараб гӏарац хӏалтӏизабиялъул къагӏидаби лъазаризе. Гьениб щвана шаргӏияб банкингалъул магистрасул диплом.\nГьанже университетазул бицунеб бугелъул, абун тела Бахӏрейналда бугеб финансазул институтазулгун исламиял банказул генералияб советалда (СИБАФИ) лъугӏизарунин профессионалиял курсал абун. Дун ккола Дубаялда бугеб арбитражалъул ва ракълилал хӏукмабазде рачӏунеб халкъазда гьоркьосеб институталъ кьураб сертификаталда рекъон, исламияв арбитрлъунги. Арбитрасдаги диванчиян абизе бегьулеб батила. Шаргӏияв (шаргӏиял суалазул рахъалъ) гӏакълучи ва аудитор абун буго цоги махщел Бахӏрейналъул халкъазда гьоркьосеб идараялъ кьураб сертификаталда рекъон.\nШаргӏияб аудиталъул рахъалъ консультант\nГьабсагӏат нухмалъи гьабулеб буго Абу-Даби шагьаралда бугеб Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазул «Аль-Масраф» пачалихъияб банкалъул шаргӏияб аудиталъул департаменталъе ва сагӏудиязул банказул цолъиялда, гьелъул вакил хӏисабалда, бачуна хӏалтӏиги.\nЦевеккун хӏалтӏулев вукӏана Халкъазда гьоркьосеб къоло щуго исламияб банкгун цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏараб Shariah Review Bureau идараялда. Гьенибги лъикӏаб хӏалбихьи щвана шаргӏияб аудиталъулгун исламияб банкингалъулъги ва исламияб экспертизаялъулгун финансазулал идараби AAOIFI-ялъул тӏалабазда рекъон шаргӏиял къануналги цӏунарал исламиязде сверизариялъулъги.\nШаргӏияв аудитор, къайи-къоноялъулъ, къотӏи-къаязулъ ва гьарулел хъулухъазулъ шаргӏиял тӏалабал цӏуниялъул рахъалъ эксперт хӏисабалда батӏи-батӏиял пачалихъазул 22 банкгун, активазул 16, страховияб анлъго ва финансазулабгун техникияб лъабго компаниягун ва финансазулаб щуго идарагун хӏалтӏана. Вохарав вуго дунялалъул картаялда тӏад гьитӏинаб тӏанкӏлъун бугеб дир гӏагараб Лъондода росуги Цӏумада районги дунялалдаго лъазабиялъулъ дирги гьитӏинабго бутӏа букӏиналдаса, дидасаги цебе чанги цӏар арал дир ракьцоязги ватӏаналъул цӏар борхатго ккун букӏаниги…\nУмумузул нухмалъиги гӏагарлъиялъул рахъкквейги\n— Тӏоцебесеб иргаялда, баркала кьола сундулъго дие кумек-квербакъи гьабурал эбел-инсуе, мунагьал чураяв кӏудияв эмен Шамсулварае ва имгӏалзабазе.\nХасго имгӏал Ахӏмадие, Малайзиялъул университеталда дун цӏализе гӏарац хӏажат бугин абидал, жиндирго ишалги кӏиабилеб планалде рехун, дир цӏали нухда ине, гӏарац битӏарав.\nЖакъа гьезда цеве нечадго гӏодове къуланиги, гьезул диде бугеб божилъи хвезабичӏин абун, вохунги вукӏуна дун. Буго гьелъиеги цо гӏилла: имгӏал рагӏулев вуго дида жиндирго лъималазда абулев Шагьрурамазанил Мухӏамад вугин нужер цӏалул хъаравул: жакъа школалдаги, метер школа лъугӏун хадусеб цӏалиги кьварараб гьесул бербалагьиялда гъоркь букӏине бугин нужерилан, гьев вукӏине вугин нужее лъурал къиматазул диванчийилан. Гьелде вахарав чи дун гьечӏониги, гӏагарлъиялъ диде гьабураб божилъи дица ритӏухъ гьабун бугин абун цо бицун бажарулареб асар кӏанцӏана рекӏелъе. Нужеда ракӏалде ккоге дунго веццулев вугин абун, гьечӏо: Ахӏмадида лъалебцин букӏинчӏо дун гьезухъе гьоболлъухъе вачӏунев вукӏин. Ахӏмад-дацил рагӏиялда жинцаги гъулбасулин, цӏалул завуч Мухӏамад-Гъази (гьедин лъалаан дун Гӏарабиялъ) вугин нужеран абуна хадубго имгӏал Мухӏамадицаги.\nДие абизе бокьараб жо буго жакъа дун, магӏарул гӏадатияб хъизамалдаса лъимералъ нахъе тарал болъаби ругин жибго лъимералъул цӏалуде гъираги, эбел-инсуца, Мухӏамад аварагасул хӏадисалда нахъги рилълъун, лъималазе мустахӏикъаб лъай щвезе хӏаракат бахъинги, сундулъго гьез дир рахъкквейгиян. Зулмуги гьабун, юристал, экономистал ва тохтурзабилъун цӏализе ритӏичӏого, дур пикруялда рекъон, кинаб лъай дуе бокьун бугеб щвезе, гьаб цоялдаса гьелъул тӏокӏлъи-батӏалъи щибин абун гьикъун, бахӏс хӏисабалда, щивас жиндирго пикруги загьир гьабун, цойидеги рачӏун, лъимералъ тӏаса бищараб бакӏалде цӏализе ритӏи бихьула дида битӏараблъун. Щай? Щайгурелъул, гӏемерал дандчӏвайдал жидерго ракӏаз цоги махщел тӏаса бищун бугониги, эбел-инсуе бокьун, цоги бакӏазде цӏализе арал гӏолохъаби, жидер махщалидаса думалъго батӏиял бакӏазда хӏалтӏулел. Гьезда бичӏчӏулеб батилаха, лъай гьечӏелгун рагъани, ургъалабалъе кколеблъиги, диплом кодоб бугониги, рекӏел цӏайи гьечӏеб мехалъ, гьеб ишалъулъ жал махщалилаллъун кколареблъиги. Гьединал пишабазда хурхун бачӏараб бугин тола дица «Цӏалараб гӏоларин, цӏалкӏизеги кколин» абураб умумузул абиги.\nГӏолеб гӏелалда цоги абила: лъазабе рахьдал мацӏ, бокьа гӏагараб ватӏан, цӏуне нилъерго умумузул гӏадатал, абухъего, басриябги цӏуне, цӏиябги босе. Гӏарабиялда яшав гьабун ругел дир лъимал, каникулазул заманалда, дица ритӏула Дагъистаналде: инсул лъандадерилги эбелалъул аварги мацӏал жеги лъикӏ лъазаризе, кӏоченчӏого рукӏине. Щай нилъеца гьел кӏочене тезе кколел, кӏинусгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе имам Шамилида цадахъ улка тун къватӏире, апараглъуде арал нилъер ракьцояз Турциялдаги Мисри-Шамалдаги жакъаги цӏунун ругеб мехалда аварги рахьдалги мацӏал?!\nДие абизе бокьараб жо букӏана, цебелъураб масъала тӏубазе, гьелъ хӏасил кьезе ккани, хӏажалъулин дурго къвакӏиги, кьвариги, къуркьунгутӏиги, аскӏор ругезул рахъкквейги ва нухги, гӏемерисеб нухалъ шагьра гуреб, сухъмахъ букӏунин абун. Дир гӏумруги гьединабго букӏана: жиндилъ борхалъабиги сухъмахъалги гӏемер ругеб. Доб Лъондодаги Гъизилюрталдаги цӏалулеб мехалъ пикруцин гьабулеб букӏинчӏо гьалгощинал пачалихъаздеги щвелин, Гӏарабазул Эмиратазда «Аль-Масраф» банкалда хъулухъги щвелин абун. Гьеб ккола дир эмен Шагьрурамазанил лъималазе гъваридаб лъай кьезе букӏараб гъира-шавкъ ва гьесул анищ тӏубазе гӏагарлъиялъ инсул ккураб рахъ, гьелде кьураб кӏвар. Гьедин байбихьи лъуна нижер хъизамалъул щивас жиндирго лъаялъул нухде. Эмен цӏалана Аль-Азгьар университеталда, эбел — чияр пачалихъаздаса рачӏарал студентазе хасгьарурал классал ругеб Исламияб институталда, дун – Аль-Фатфалда, яцал — Бадрудин аль-Хӏасани институталда. Гьитӏинав вацас тӏоцебесеб классалде гали лъуна. Гьедин байбихьана рикӏкӏадаб 2000 соналда нижер хъизамалъул апараглъи ва лъаялде нух.\nЖакъасеб харбилъ гӏемер бицен гьабураб исламияб банкингалъулги, шаргӏияб аудиталъулги, гьелъул хаслъаби-тӏокӏлъабазулги, бугеб кӏваралъулги мухӏканго бичӏчӏизеги гьабун, нилъеца бицен цоги нухалъ гьабила, Аллагьас хъван батани. Жакъа Пачалихъияб Думаялъ тасдикъги гьабун, хӏалбихьиялъулаб проект хӏисабалда Дагъистаналдагун Чачаналда ва Татарстаналда Сбербанказул филиалазда рагьун руго гьезул отделал, амма пайда щибха… Пайда щибха, рекъонкколеб лъаялъул специалистал гьечӏолъиялъ хӏинкъи буго гьел къаялда. Гьелъ буго дица абулеб гьитӏинго кӏвар кьейин батӏи-батӏиял мацӏал лъазариялде. Щай рукӏине бегьуларел магӏарулал, цогидазе мисалияб куцалда, дунялалъул ва Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда банказул хӏалтӏухъабилъун ва нухмалъулеллъун. Нилъее камураб щибго гьечӏо, гӏицӏго нилъерго лъаялда тӏадчӏейги, нилъеего масъалаби церелъейги гуреб.\nГьадинаб букӏана ва буго Лъондодаса Шамсулварал Шагьрурамазанил вас Мухӏамадил лъаялде галаби тӏамураб гӏумрудул сухъмахъ, жакъаги гьабугьинан цебехун унеб бугеб.\nХадижат Залимханова"}
{"slug": "rak-untigi-sah-gabula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rak-untigi-sah-gabula", "title": "Рак унтиги сах гьабула", "date": "2026-02-06 12:21:20", "categories": ["med", "obshestvo"], "text": "Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда рак унти цӏикӏкӏун буго 35 проценталъ.\nДРялъул онкоцентралдаса щварал баяназда рекъон, гьабсагӏаталда Дагъистаналда ракалъ унтун вуго 4881 чи (2350 бихьинчи ва 2531 чӏужугӏадан). 2025 соналда, каранда рак унти бугин абун, хъвай-хъвагӏай гьабун буго 581 чӏужугӏаданалъул. Нилъер республикаялда соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго ракалъ унтаразул къадар ва гьеб «гӏолохъанлъулебги» буго.\nРак унти букӏин лъайдал, унтарасе дунял кӏийиде бикьула. «Унтилалде» букӏаралда хутӏула ругьунаб гӏумру, бокьулеб хӏалтӏи, гьудул-гьалмагълъи ва гӏагарлъи, «унтун хадуселда» — цохӏо живго.\nОнкологаз абула, кигӏанго захӏмат бугониги, сахлъиялде хьул букӏине кколин.\nРак унти ккеялъе рукӏунел гӏиллабазул, гьеб сах гьабиялъе онкоцентралда гӏуцӏун ругел ресазул, гьелдаса цӏунизе кколеб куцалъул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул онкологияб централъул тӏадегӏанаб категориялъул хирург Гьитӏиномухӏамад Мухӏамадовасулгун: — Гьитӏиномухӏамад, рак унти сундалъун ккезе бегьулеб?\n— Рак унти ккола черхалъул пуланаб логол клеткаби цӏакъго гӏемерлъи, ай гьезул къадар хӏатталдаса ун цӏикӏкӏин. Гьелъие бугеб гӏилла жеги тӏубан лъалеб гьечӏо. Ракалъ унтиялъе квербакъула чиясул геназул ва гормоназул гӏунгутӏабаз, химия гъорлъ бугеб кваница, цӏикӏкӏун дараби хӏалтӏизариялъ, нерваби понцӏозариялъ, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, гӏадлу гьечӏого гӏумру гьабулеб букӏиналъ, хъалиян бухӏиялъ, мехтизарулел жалаздаса ва наркотиказдаса кеп босиялъ. Гьел гӏиллабаз загӏиплъизабула инсанасул иммунитет, ва рак унти байбихьула черхалъул цо клеткаялъул гӏадлу хвеялдасан.\n— Рак унти «гӏолохъанлъулеб» бугин абула, гьелъие гӏилла щиб?\n— Тӏадехун рехсарал гӏиллабазде тӏадеги гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола жакъа гӏолилаз бигьаго гӏумру тӏамулеб букӏин. Гьезие бокьуларо бакӏаб хӏалтӏи: я магь баччуларо, я хурир хӏалтӏуларо, хъахӏаб чедги кванан, сериалазухъги балагьун, тахида регун унеб буго хӏалчӏахъадазул гӏумру. Гьез къанагӏатги кунаро хъачӏаб, къвакӏараб квен, кванилъ гӏемер хӏалтӏизабула кьаралъи, чакар. Кватӏун гурони ясал росасе унаро, кватӏун гурони гьез лъимер гьабуларо. Гьединлъидал хола ясазул гормоназул магӏна, гьел цӏикӏкӏуна каранзул клеткабазулъ, гьелдалъун гьезул каранда рак унтиги ккола. Гьел гӏунгутӏабазул «гӏайибаздалъун» ккола гӏолилазул чорхолъ рак унти.\n— Щулияб сахлъи бугев чи унтулищ ракалъ?\n— Гьединав чиясул сахлъи цӏунула гучаб иммунитеталъ. Амма лъикӏаб сахлъи кьурав чиги унтизе бегьула.\nРак унти ккеялъе цо гӏилла букӏунебани, бигьаго букӏинаан гьелда данде къеркьезе. Рак унти букӏине бегьула эбел-инсудаса ирсалъе щварабги, вирусал-бактериязул «гӏайибалдалъун» ккарабги, гӏураб къадаралда пихъалгун овощал щвечӏолъиялъ ва кколеб къагӏидаялда черх кӏвекӏуларого букӏиналъ ккарабги.\n— Ракалдаса цӏуниялъе бищунго цӏикӏкӏун сунде кӏвар кьезе кколеб?\n— Гьуъразда рак унти ккеялъе аслияб гӏиллалъун рикӏкӏуна хъалиян бухӏи, гьеб гуребги, хъалияналъ рак ккезабула кӏветӏалда ва мукъулукъалда.\nДагъистаналда тӏоцебесеб бакӏалда буго руччабазул курмузда рак унти ккеялъул хӏужа, кӏиабилеб бакӏалда — гьуъразда, лъабабилеб бакӏалда — тӏомода, ункъабилеб бакӏалда — чохьода ва бицатаб бакьалда, щуабилеб бакӏалда — предстателияб цӏекӏгьанада…\nКьучӏдасанго хисун буго жакъа гӏадамаз гӏумру гьабулеб къагӏида. Тамахаб гурони квен кваналаро, рахӏаталда черх тун буго. Гьале дуе цоги рак унти ккеялъе рукӏунел гӏиллаби. Гӏемер заманалъ гӏодор кӏусиялъ ва саяхълъиялда хьвадиялъ рачуна предстателияб цӏекӏгьанада рак унти ккеялде. Ракалдаса цӏуниялъе гьабизе ккола сахаб гӏумру: химия гъорлъ гьечӏеб квен, бацӏцӏадаб лъим, черх кӏвекӏи…\n— Гӏемерал гӏарзал рукӏуна республикаялда медицинаялъул хъулухъ гӏодобегӏанаб даражаялда бугилан. Масала, гӏурал дараби рукӏунарин, халатал иргаби рукӏунин, хъулухъ гьабиялъул даража тохаб бугин. Гьеб рахъалъ онкоцентралда кинаб ахӏвал-хӏал бугеб?\n— Араб гӏасруялъул 70-абилел соназда бараб онкоцентралъул минаялда унтаразе буго гӏицӏго 200 койка. Гьеле халатал иргаби рукӏиналъе бугеб цо гӏилла. Дагъистаналдаго гӏадин лъабго миллион халкъ бугеб Россиялъул регионалъул онкоцентралда унтаразе чӏезабун букӏуна 600-700 койка. Республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул кумекалдалъун онкоцентралда бана цӏияб поликлиника ва 60 койкаялъул стационар. Планалде босун буго гьениб больницаялъул цоги мина базе. Руго гьаб заманалъул унти чӏезабулел алатал. Хӏалтӏулеб буго позитронно-эмиссионияб томограф.\nАмма камуларо цо-цо цӏакъго багьаял дараби гӏоларо рукӏиналъул квалквал. Тохтурзаби-специалистал гӏоларого рукӏиналъул масъалаги тӏубазабулеб буго.\n— Республикаялда ракалъ унтулезул ва холезул къадар цӏикӏкӏиналъе щиб гӏилла бугин дуца абилеб?\n— Тӏолабго дунялалдаго гӏадин, Дагъистаналдаги ракалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб буго. 2025 соналда республикаялда ракалъ унтаразул къадар бахун букӏана 151 азарго чиясде, гьоркьохъеб хӏисабалда республикаялда щибаб соналъ щивав 100 азарго чиясда гьоркьосан 80-100 чи ракалъ унтулев вуго. Гьедин букӏаниги, нилъер гьанир ракалъ унтулезул ва холезул къадар Россиялъул регионаздаса саламатго дагь буго. Гьел хӏужабаз бицунеб буго республикаялъул онкологияб хъулухъалде харж гьабулеб гӏарац лъикӏал хӏасилал кьолеб куцалда хӏалтӏизабулеб букӏиналъул.\n— Онкологаз абулеб буго, цудунго тӏатинабуни, рак унти сах гьабизе кӏолин, амма цудунго тӏатинаби захӏматаб масъала кколилан. Сунда бараб бугеб гьеб захӏмалъи: унти чӏезабиялъул гӏунгутӏабаздайищ яги жидерго сахлъиялде гӏадамазул гьечӏеб тӏадчӏеялдайищ?\n— Рак унти киналгӏаги гӏаламатаздалъун загьирлъуларо, гӏаламатал тӏатиндал, унтиялъ жиндирабго босула. Рак цудунго тӏатинабиялъул мурадалда, щивав чи вукӏине ккола тохтурасул халкквеялда гъоркь. Кинаб ригьалдаса байбихьун чи онкологасухъе ине кколевин абураб суалалъе чӏванкъотӏараб жаваб кьезе захӏмалъула. Амма 35-40 сон барав чи лъагӏалида жанив кӏиго нухалъниги онкологасухъе ине ккола. Чара гьечӏеблъун ккола зама-заманалдасан республикаялъул кинабго халкъалъул цӏех-рех гьаби. Нилъер республикаялда гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи расги беццизе ккараб куцалда гьечӏо.\n— Рак сахгьабиялъе гьаб заманалъул кинал къагӏидаби хӏалтӏизарулел?\n— Сахгьаби бараб букӏуна унтиялъул даражаялда, унтарасул ригьалда ва гьесул чорхолъ ругел цоги унтабазда. Аслияб куцалда захӏматал унтиби сах гьарула хирургиялъул кумекалдалъун. Гьезул хӏасилазухъ балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-терапия, гормоно-терапия ва лучевая терапия. Жакъа къоялъул ресазул кумекалдалъун хирургас жигар бахъула унтараб лага цӏунизе. Масала, церетӏурал улкабазул хирургазухъа бажарула 95 проценталдасаги цӏикӏкӏун руччабазул керен цӏунун, нахъе къотӏичӏого. Нилъер гьанибин абуни, гьелъул бицинего нечараб хӏал буго, ай хирургазухъа къанагӏат гурони бажаруларо руччабазул керен цӏунун. Къокъго абуни, нилъер республикаялда гьеб рахъалъ хирургияб хъулухъ нахъеккараб буго. Гьединлъидал захӏматго ракалъ унтарал чагӏи операциял гьаризе ине ккола Россиялъул машгьурал медицинаялъул центразде.\n— Нужер хӏалтӏуе сунца квалквал гьабулеб, гӏолареб, гьечӏеб жо щиб бугеб?\n— Аслияб куцалда нижее квалквал гьабулеб жо ккола гӏемер хъвадаризе кколел рукӏин, гьелдалъун заман гӏоларого букӏуна унтарасда аскӏоре ине. Хӏалтӏи буго цӏакъ гӏемерлъун, амма кьолеб гьечӏо гьелда рекъараб харж.\nКъваригӏунел алатазул, тохтурзабазул лъай-махщалил, дарабазул бицунеб бугони, цебеялдаса Централда саламатго лъикӏ буго.\n— Ракалъ унтарал чагӏазе щиб гӏакълу дуца кьелеб?\n— Тӏоцебесеб иргаялда, гьез хитӏаб гьабизе ккола онкологасухъе ва сах гьаризе ине ккола гьелъие шартӏал ругеб хасаб больницаялде. Аслияб жо ккола унтарав сахлъизе вукӏиналда божи ва тохтурасул хӏалбихьи. Ракалдаса ворчӏуларин абун, гӏумруялде квер хьвагӏун чӏезе бегьуларо, къеркьезе ккола. Аллагьасул хӏикмат камуларо, чанги ккола тохтурас хвезе витӏарав чи сахлъарал лъугьа-бахъинал.\nНури Нуриев"}
{"slug": "gugaruhabi-veteranazul-keczal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gugaruhabi-veteranazul-keczal", "title": "Гугарухъаби-ветераназул къецал", "date": "2026-02-13 16:47:25", "categories": [], "text": "Анкьабилеб февралалда, Махӏачхъалаялда Хӏайдарбег Хӏайдарбеговасул цӏаралда бугеб спортивияб кӏалгӏаялда тӏобитӏана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул ункъцӏул чемпион Мухӏамад Гӏумаровасул хӏурматалда «Мастера ковра» абураб турнир.\nГьелъул хӏакъалъулъ бицине редакциялде вачӏун вукӏана Мухӏамад. Гьес спорталъул нухде лъурал галабазул, бергьенлъабазул хӏакъалъулъ нижеца цебесеб номералда хъван букӏана.\nМухӏамад гӏахьаллъана халкъазда гьоркьосел турниразда ва гьенив ункъо нухалъ «Мастера ковра» лигаялда дунялалъул чемпионлъун вахъана.\n7 февралалда букӏараб турниралда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса гурелги», Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса спортсменалги.\nМухӏамадида турнир баркизе гьеб къоялъ рачӏун рукӏана республикаялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, Мухӏамадил гьудул-гьалмагъзаби ва цогидалги спортсменал.\n«Жакъа хӏакъикъаталдаги гӏемерав чи вачӏун вуго гьаб турниралде. Руго къватӏисел регионаздаса рачӏаралги гӏезегӏан чагӏи. Мухӏамадида баркула гьесул цӏаралда тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб гьадинаб кӏудияб турнир. Жакъа гьаниб турниралъул байбихьуда абуна, гьес дунялалъул чемпионаталда ункъо нухалъ бергьенлъи босанилан. Дие тӏаде жубазе бокьун буго, гьел ункъоязда гьоркьоса кӏигоял ккола дица гӏахьаллъи гьабурал къецал. Дунги вукӏана гьенив гугарулев ва гьединлъидал дида кинабго ракӏалда буго. Цӏакъ балагьаразе асар гьабулеб цевевахъин букӏунаан Мухӏамадил доб мехалъ ургуялда. Ва жакъаги гьес гьеб мисал бихьизабулеб буго цохӏо ургуялда гуребги, цогидаб рахъалдасанги. Жиндирго лъималазухъеги гугариялде бугеб рокьи кьун, гьезул спорталде гъирабазабизе бажарана гьесухъа. Гьеб буго кӏудияб мисал. Жакъа гьанире рачӏун руго гӏемерал гӏун бачӏунеб гӏелалъул спортсменал. Гьеб ккола Мухӏамадица гьабураб хӏалтӏул хӏасил. Кӏвар бугеб, щивав дагъистаниясул бидулъ бугеб жо ккола спорталде бугеб рокьи. Гьелъул мисалалда кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго Мухӏамадица. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго гьесие гьелъухъ»,— ин абуна Сажид Сажидовас.\nЖиндирго кӏалъаялда Мухӏамадицаги баркала кьуна гьеб турнир тӏобитӏизе кумек гьабуразе. Гьезда гьоркьоб хасаб баркала кьуна Махӏачхъалаялъул нухмалъулев Жамбулат Салавовасеги.\nТурниралде рачӏун рукӏаразда гьоркьов вукӏана «Спорт без гарниц» абураб спортивияб телеканал бачунев Степан Крижановскийги.\nГьеб къоялъ ургуялде рахъана 35-40-45 сонил ригьалда ругел спорталъул ветеранал. Къунщбузда цӏахӏиллъи кӏутӏун бугониги, беразулъ добго жанги, гӏолохъанлъиялда букӏараб добго жигарги, дандиясда тӏад тӏокӏлъи босизе гьез бахъулеб хӏаракатги бихьулеб букӏана.\n«Мастера ковра» халкъазда гьоркьосеб турниралда лъикӏаб гугари бихьизабуна ва бергьенлъи босана Дунялалъул чемпион Эльдар Хӏайдаровас.\nТурниралъул ахиралда Мухӏамад Гӏумаровас киназего баркала загьир гьабуна ва супер-чемпион Хӏажимурад Таймазовасе шапакъатгун сайигъат кьуна. Гьесие щвана турниралъул аслияб приз — 500 азарго гъурущ."}
{"slug": "ungo-ungoyav-patriot", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ungo-ungoyav-patriot", "title": "Унго-унгояв патриот", "date": "2026-02-13 16:56:15", "categories": [], "text": "Яхӏ-намус ва къадруялда ватӏан цӏуни – гьединаб буго Бежтӏа участокалъул Кьадал росулъа Шарапудин Хетуровасул гӏумрудул магӏна. Жакъаги гьев вуго ватӏан цӏунулезул цебесеб кьерда, хасаб рагъулаб операциялда.\nЖавабчилъи цӏикӏкӏарав, къвакӏигун бахӏарчилъи загьир гьабулев гьев чанцӏулго мустахӏикълъана къадруял шапакъатазе. Гьал къоязда, рагъулаб хъулухъ тӏубазабулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ, Ш. Хетуров мустахӏикълъана «Орден Мужества» абураб пачалихъияб шапакъаталъе.\nРакӏ-ракӏалъ баркула ракьцоясда цӏияб шапакъат! Ниж чӏухӏула, бахӏарчиял, ватӏаналде ккараб къо борхизе нахъе къаларел ва, нилъер умумулго гӏадин, гьеб цӏунизе къеркьолел ракьцояздаса. Гьезул гӏумру букӏина нилъер халкъалъе даимаб мисаллъунги.\nШарапудин Хетуровасда шапакъат баркана Бежтӏа участокалъул бетӏер Шамил Арадаховасги. «Ш. Хетуров гӏадинал бахӏарзаз чӏухӏизабула нилъер улка. Дунги чӏухӏула нилъер ракьалда гьединал, унго-унголъунги ватӏан хириял гӏолохъаби рукӏиналдаса», — ян абуна гьес.\nЛАЮЗА ГӏУМАРОВА,\n«Бежтинский вестник»\nгазеталъул редактор"}
{"slug": "gudulliyalul-ko", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gudulliyalul-ko", "title": "Гьудуллъиялъул кьо", "date": "2026-02-13 17:09:06", "categories": [], "text": "Советияб заманалда гӏадин хӏалуцарал гьечӏониги, Северияб Кавказалъул республикабазда ва жалго жидедаго чӏарал улкабазда гьоркьор гьудуллъиялъулал, экономикиял ва культураялъулал бухьенал къотӏулел гьечӏо. Дагьалги гьел церетӏезариялъулъ бутӏа лъолеб буго нилъеда сверухъ ругел СКФОялде кколел республикабазул ва Югалъулаб Осетиялъул нухмалъулез, гьезул гӏалимзабаз ва хъвадарухъабаз.\nГьал къоязда басмаялда бахъана Югалъулаб Осетиялъул 1996–2001 соназда вукӏарав тӏоцевесев президент, советияв ва Югалъулаб Осетиялъул политикияв хӏаракатчи, тарихиял гӏелмабазул доктор, публицист ва Халкъазда гьоркьосеб Жамгӏияб палатаялъул гӏахьалчи Людвиг Алексеевич Чибировасул «Алания-Осетия ва Дагъистан» абураб тӏехь. Пачаясул заманалдаса, советияб гӏумруялдаса байбихьун, авторас рагьулел руго Дагъистаналъул ва кӏиябго Осетиялъул цоцаздехун рукӏарал ва гьанжеги ругел экономикиялгун маданияталъулал бухьеназул, цоцазе гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ бицунел тӏанчал. Рачунел руго нилъер цадахъаб гӏумруялдаса мисалал.\nАвторас ракӏалде щвезабулеб буго 2004 соналъул сентябралда Бесланалда 334 чи, гьезда гьоркьоса 186 лъимер гӏумруялдаса ратӏа гьарураб вахӏшияб такъсир ккараб мехалда Дагъистаналъ гьабураб кумек.\nЛ. Чибировас тӏехьалда рехсон буго Расул Хӏамзатовасул ва Цӏадаса Хӏамзатил Осетия-Аланиялъул хъвадарухъабазулгун букӏараб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги.\nРакӏалде щвезарулел руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда Совет Союзалъул Бахӏарзаллъун рахъарал Дагъистаналъул ва Осетиялъул васал: Орджоникидзе шагьаралда цӏаларав Мухӏамад Хӏамзатовасул, Темирхан-Шурав гьавурав Георгий Калоевасул, Хасавюрталда гьавурав Алексей Ташаевасул, рагъ лъугӏун хадуб Осетиялде гочарав дагъистанияв Николай Калуцкиясул, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, асатӏинав Михаил Дзилиховасул ва гӏемерал цогидазулги цӏарал.\nЖакъа нилъ рохарал руго Югалъулаб Осетиялда Дагъистаналъул вакиллъи хӏалтӏулеб ва гьелъие нухмалъи Мухӏамад Шамиловас гьабулеб букӏиналдаса.\nТӏехьалъул автор дагьав цевегӏан Дагъистаналдеги щун вукӏана ва Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель хӏисабалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъиги гьабуна.\nЩаклъи гьечӏо, Л. Чибировасул тӏехь хадубккунги Осетия-Аланиялда ва Дагъистаналда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе квербакъулеб алатлъун лъугьине букӏиналда.\nЗ. ИЛЬЯСОВ,\nСеверияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель"}
{"slug": "giole-giolezul-gielbashhadallun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giole-giolezul-gielbashhadallun", "title": "Гӏоле-гӏолезул гӏелбащадаллъун…", "date": "2026-02-13 17:10:57", "categories": [], "text": "Анлъабилеб февралалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Муса Мухӏамадовасул «Чӏегӏераб гамачӏ» абураб тӏехь цӏигьабун къватӏибе биччаялда хурхараб тадбир. Миллияб адабияталда ккараб киналго рохараб гьеб лъугьа-бахъин цоцазда баркизе данделъун рукӏана магӏарул хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал, хъвадарухъанасул гӏагарлъи ва гьесул тӏахьал рокьулел цӏалдолел.\nМуса Мухӏамадов вукӏун ватула бищунго талихӏал хъвадарухъабазул цояв. Щайин абуни, гьесул тӏахьал цӏалулаан, цоцазде ирга щоларого, цояз цоязухъе кьун. Бищунго хъвадарухъанасул къадру тӏокӏаб советияб заманалдагицин къанагӏатал рукӏана Мусал тӏахьал. Дунги гӏуна гьесул тӏахьалгун цадахъ. Гьесул тӏахьазул героял дида кколаан дирго гӏагарал чагӏийилан, гӏелбащадалилан абун.\nГьедин букӏана «Чӏегӏераб гамачӏ» цӏигьабун къватӏибе биччаялъе «гӏайибияв», «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Ашахан Юсуповасеги. Гьевги гӏуна Мусал героялгун цадахъ, гьелгун вохун, гьелгун пашманлъун. Ва гьес магӏарул цӏалдолезе гьабуна кӏудияб сайгъат – «Чӏегӏераб гамачӏалда» бихьана кӏиабилеб гӏумру, гьелъ цӏазе байбихьана кӏиабилеб хӏухьел. Гьабсагӏаталдаги магӏарулаз М. Мухӏамадовасул цӏар бищун цебе рехсола, рокьулел хъвадарухъабазул цӏарал цӏехедал. Тӏехь къватӏибе бачӏун букӏин лъайдал, гьеб цӏехон Ашаханихъе кӏалъаразул къадарги цӏакъго цӏикӏкӏараб букӏана ва жеги кӏалъалелги руго. Бищунго рохизе ккараб жоги гьечӏищха – тӏехь цӏехолезда гьоркьор гӏолилалги руго. Гьединаллъун хутӏана магӏарулазе Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул тӏахьазул героял — гӏоле-гӏолезул гӏелбащадаллъун.\nБиблиотекаялъул жанахӏалда гӏуцӏараб Муса Мухӏамадовасул тӏахьазул выставкаялъ цоги нухалда бицана цӏалдолезе хъвадарухъанасул творчество кинаб тӏадегӏанлъиялда жегиги букӏине бугебали.\nТадбир нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана хъвадарухъанасул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ, баркала кьуна гьеб тӏехь бахъизе пикру ракӏалде ккарав Ашаханиеги:\n— Тӏоцебе тӏехь биччаялъул пикру Ашаханица дие загьир гьабидал, дун цӏакъ вохана ва дица гьесда абуна кӏвараб кумек гьабизе бугин, дуего бокьун бугеб хӏалалда гьабейилан. Ва, кида редакциялде щваниги, Ашахан ватулаан Мусал тӏехьалде тӏадеги къулун. Гьес нилъее сайгъат гьабуна багьа къиматаб тӏехьин, — абуна Мухӏамадица жиндирго кӏалъаялда.\nХадубги Мухӏамадица цӏалана Мусаца гӏумруялъул гьудул Фазуе сайгъат гьабураб кечӏги. Кӏалъазе вахъарав «Хӏакъикъат» газеталъул редактор Темирхан Хӏасановасги бицана магӏарул адабият гӏолеб гӏелалъе ирсалъе хутӏиялъе редакциялъ гӏумруялде рахъинаризе ругел проектазул хӏакъалъулъ:\n— Нижер щулияб бухьен буго магӏарул шагӏирзабазулгун. Щола гьел нижехъе, гьарула гьезулгун гара-чӏвариял, кьола гьезул асарал газеталъул гьурмазда. Руго гӏемерал пикрабиги нужер кумекалдалъун гьаризе ракӏалда ругел ишалги, — илан абуна гьес.\nРагӏи абизе ирга щвана Ашаханиде. Рачӏаха гӏенеккилин гьес бицаралъухъги:\n— Лъимерлъудаса нахъего Мусал тӏахьал цӏалун ругьунав дида кколаан гьесул цӏаличӏеб тӏехьго хутӏун батиларин абун. Амма хадуб батана цо гьединаб тӏехь. «Чӏегӏераб гамачӏ», гӏемерав чияс бицунеб рагӏун гурони, дихъего кодобе цӏализе щвараб тӏехь букӏинчӏо. Гьедин хъван букӏун буго — дихъе гьеб тӏехь цӏализе щвана цӏидасанги бахъун лъикӏилан абураб ният-къасд гӏумруялде бахъинабиялда цадахъго. Компьютералда бищулаго, цадахъ цӏалунги лъугӏана. Дун цӏидасанги асир гьавуна Мусал бергьараб хатӏалъги гьесул хъвадарухъанасулаб пагьму-гьунаралъги. Дица цереккун цӏаларал тӏахьазда релълъинчӏеб, гӏажаибаб сюжеталъул, хӏикматаб, къватӏибе кьун бажарулареб асаралъул тӏехь батана хӏакъикъаталдаги «Чӏегӏераб гамачӏ» къиса. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида гӏадамаз додигӏан цӏакъ гӏащикъго гьеб тӏехьалъул щай бицунеб букӏарабали. Дун жакъа вохарав вуго Мусал тӏахьазухъ урхъун рукӏарал магӏарулазухъе гьеб тӏехь щвезе дица бахъараб хӏаракат гӏадада ккечӏолъиялдаса.\nХъадарухъанасул творчествоялъулги гьесул жиндиргоги хӏакъалъулъ бицана гьев лъалел пероцояз – хъвадарухъанасул цо-цо тӏахьазул редактор ва корректор Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Мухӏидиновас, Асхӏабгӏали Хӏасановас, Залму Мухӏамадовалъ, тӏехь биччаялъе квербакъарай, Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул авар мацӏалда риччалел тӏахьазул редакторГӏайшат Гӏалиевалъ.\nКӏалъазе рахъарал Авар театралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Мусал гӏагарав чи Гьандихъа Мухӏамадгӏарип Къадиевас, Шамил районалъул администрациялъул маданияталъул отделалъул нухмалъулев Гъапар Гӏабдулхӏамидовас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас, Гӏасаб росулъа жамагӏатчи Мухӏамадрасул Мухӏамадовас бицана Мусал творчествоялъул, цӏалдолезе гьесул тӏахьаз гьабулеб хӏикматаб асаралъул хӏакъалъулъ.\nТадбиралъул ахиралда гьенире рачӏаразе Гьандихъ росдал жамагӏаталъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан, Мусал гӏагарав чи Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏовас. Гьединго гӏагарлъиялъул рахъалдасан гьалбадерие баркала кьуна Мусал Патӏиматил ясалъ.\nЛъугӏана тӏехьалъул цебелъей. Биччанте гьеб тадбир букӏине Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул 100 сонилаб юбилеялъе гьитӏинабго цеберагӏилъун.\nГьединго газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан баркала кьезе бокьун буго, щиб тадбир нижеца тӏобитӏулеб бугониги, гьенир гӏахьаллъулел, гьаб нухалдаги дандеруссиналъе хасаб гугьаралъул берцинлъи кьурал Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, композитор Ахӏмад Гӏамирхановасе, Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасе, Дагъистаналъул мустахӏикъай артист Машидат Гӏумарасхӏабовалъе, Россиялъул лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъан, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Ахӏсарат Хӏайбулаевалъе, пандурги хъван, умумузул бакъназда кучӏдул ахӏулев Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевасе ва Бакълъухъа Хӏажи Ахӏмадовасе.\nШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "giole-giolezul-gielbashhadallun-2", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giole-giolezul-gielbashhadallun-2", "title": "Гӏоле-гӏолезул гӏелбащадаллъун…", "date": "2026-02-18 14:36:53", "categories": [], "text": "Анлъабилеб февралалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Муса Мухӏамадовасул «Чӏегӏераб гамачӏ» абураб тӏехь цӏигьабун къватӏибе биччаялда хурхараб тадбир. Миллияб адабияталда ккараб киналго рохараб гьеб лъугьа-бахъин цоцазда баркизе данделъун рукӏана магӏарул хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал, хъвадарухъанасул гӏагарлъи ва гьесул тӏахьал рокьулел цӏалдолел.\nМуса Мухӏамадов вукӏун ватула бищунго талихӏал хъвадарухъабазул цояв. Щайин абуни, гьесул тӏахьал цӏалулаан, цоцазде ирга щоларого, цояз цоязухъе кьун. Бищунго хъвадарухъанасул къадру тӏокӏаб советияб заманалдагицин къанагӏатал рукӏана Мусал тӏахьал. Дунги гӏуна гьесул тӏахьалгун цадахъ. Гьесул тӏахьазул героял дида кколаан дирго гӏагарал чагӏийилан, гӏелбащадалилан абун.\nГьедин букӏана «Чӏегӏераб гамачӏ» цӏигьабун къватӏибе биччаялъе «гӏайибияв», «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Ашахан Юсуповасеги. Гьевги гӏуна Мусал героялгун цадахъ, гьелгун вохун, гьелгун пашманлъун. Ва гьес магӏарул цӏалдолезе гьабуна кӏудияб сайгъат – «Чӏегӏераб гамачӏалда» бихьана кӏиабилеб гӏумру, гьелъ цӏазе байбихьана кӏиабилеб хӏухьел. Гьабсагӏаталдаги магӏарулаз М. Мухӏамадовасул цӏар бищун цебе рехсола, рокьулел хъвадарухъабазул цӏарал цӏехедал. Тӏехь къватӏибе бачӏун букӏин лъайдал, гьеб цӏехон Ашаханихъе кӏалъаразул къадарги цӏакъго цӏикӏкӏараб букӏана ва жеги кӏалъалелги руго. Бищунго рохизе ккараб жоги гьечӏищха – тӏехь цӏехолезда гьоркьор гӏолилалги руго. Гьединаллъун хутӏана магӏарулазе Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул тӏахьазул героял — гӏоле-гӏолезул гӏелбащадаллъун.\nБиблиотекаялъул жанахӏалда гӏуцӏараб Муса Мухӏамадовасул тӏахьазул выставкаялъ цоги нухалда бицана цӏалдолезе хъвадарухъанасул творчество кинаб тӏадегӏанлъиялда жегиги букӏине бугебали.\nТадбир нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана хъвадарухъанасул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ, баркала кьуна гьеб тӏехь бахъизе пикру ракӏалде ккарав Ашаханиеги:\n— Тӏоцебе тӏехь биччаялъул пикру Ашаханица дие загьир гьабидал, дун цӏакъ вохана ва дица гьесда абуна кӏвараб кумек гьабизе бугин, дуего бокьун бугеб хӏалалда гьабейилан. Ва, кида редакциялде щваниги, Ашахан ватулаан Мусал тӏехьалде тӏадеги къулун. Гьес нилъее сайгъат гьабуна багьа къиматаб тӏехьин, — абуна Мухӏамадица жиндирго кӏалъаялда.\nХадубги Мухӏамадица цӏалана Мусаца гӏумруялъул гьудул Фазуе сайгъат гьабураб кечӏги. Кӏалъазе вахъарав «Хӏакъикъат» газеталъул редактор Темирхан Хӏасановасги бицана магӏарул адабият гӏолеб гӏелалъе ирсалъе хутӏиялъе редакциялъ гӏумруялде рахъинаризе ругел проектазул хӏакъалъулъ:\n— Нижер щулияб бухьен буго магӏарул шагӏирзабазулгун. Щола гьел нижехъе, гьарула гьезулгун гара-чӏвариял, кьола гьезул асарал газеталъул гьурмазда. Руго гӏемерал пикрабиги нужер кумекалдалъун гьаризе ракӏалда ругел ишалги, — илан абуна гьес.\nРагӏи абизе ирга щвана Ашаханиде. Рачӏаха гӏенеккилин гьес бицаралъухъги:\n— Лъимерлъудаса нахъего Мусал тӏахьал цӏалун ругьунав дида кколаан гьесул цӏаличӏеб тӏехьго хутӏун батиларин абун. Амма хадуб батана цо гьединаб тӏехь. «Чӏегӏераб гамачӏ», гӏемерав чияс бицунеб рагӏун гурони, дихъего кодобе цӏализе щвараб тӏехь букӏинчӏо. Гьедин хъван букӏун буго — дихъе гьеб тӏехь цӏализе щвана цӏидасанги бахъун лъикӏилан абураб ният-къасд гӏумруялде бахъинабиялда цадахъго. Компьютералда бищулаго, цадахъ цӏалунги лъугӏана. Дун цӏидасанги асир гьавуна Мусал бергьараб хатӏалъги гьесул хъвадарухъанасулаб пагьму-гьунаралъги. Дица цереккун цӏаларал тӏахьазда релълъинчӏеб, гӏажаибаб сюжеталъул, хӏикматаб, къватӏибе кьун бажарулареб асаралъул тӏехь батана хӏакъикъаталдаги «Чӏегӏераб гамачӏ» къиса. Гьеб мехалъ бичӏчӏана дида гӏадамаз додигӏан цӏакъ гӏащикъго гьеб тӏехьалъул щай бицунеб букӏарабали. Дун жакъа вохарав вуго Мусал тӏахьазухъ урхъун рукӏарал магӏарулазухъе гьеб тӏехь щвезе дица бахъараб хӏаракат гӏадада ккечӏолъиялдаса.\nХъадарухъанасул творчествоялъулги гьесул жиндиргоги хӏакъалъулъ бицана гьев лъалел пероцояз – хъвадарухъанасул цо-цо тӏахьазул редактор ва корректор Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Мухӏидиновас, Асхӏабгӏали Хӏасановас, Залму Мухӏамадовалъ, тӏехь биччаялъе квербакъарай, Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул авар мацӏалда риччалел тӏахьазул редактор Гӏайшат Гӏалиевалъ.\nКӏалъазе рахъарал Авар театралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Мусал гӏагарав чи Гьандихъа Мухӏамадгӏарип Къадиевас, Шамил районалъул администрациялъул маданияталъул отделалъул нухмалъулев Гъапар Гӏабдулхӏамидовас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас, Гӏасаб росулъа жамагӏатчи Мухӏамадрасул Мухӏамадовас бицана Мусал творчествоялъул, цӏалдолезе гьесул тӏахьаз гьабулеб хӏикматаб асаралъул хӏакъалъулъ.\nТадбиралъул ахиралда гьенире рачӏаразе Гьандихъ росдал жамагӏаталъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан, Мусал гӏагарав чи Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏовас. Гьединго гӏагарлъиялъул рахъалдасан гьалбадерие баркала кьуна Мусал Патӏиматил ясалъ.\nЛъугӏана тӏехьалъул цебелъей. Биччанте гьеб тадбир букӏине Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадовасул 100 сонилаб юбилеялъе гьитӏинабго цеберагӏилъун.\nГьединго газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан баркала кьезе бокьун буго, щиб тадбир нижеца тӏобитӏулеб бугониги, гьенир гӏахьаллъулел, гьаб нухалдаги дандеруссиналъе хасаб гугьаралъул берцинлъи кьурал Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, композитор Ахӏмад Гӏамирхановасе, Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасе, Дагъистаналъул мустахӏикъай артист Машидат Гӏумарасхӏабовалъе, Россиялъул лъай кьеялъул Хӏурматияй хӏалтӏухъан, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Ахӏсарат Хӏайбулаевалъе, пандурги хъван, умумузул бакъназда кучӏдул ахӏулев Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевасе ва Бакълъухъа Хӏажи Ахӏмадовасе.\nШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "pagmuyalul-hiokiazdasan-gunaralul-tiogazde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=pagmuyalul-hiokiazdasan-gunaralul-tiogazde", "title": "Пагьмуялъул хӏокӏаздасан гьунаралъул тӏогьазде", "date": "2026-02-18 14:44:24", "categories": [], "text": "Авар театралъул тарихалда хасаб бакӏ ккола Хунзахъ районалдаса актераз. Гьеб тарихалъе байбихьи лъурав Гӏабдурахӏман Магаев кколаан Дагъистаналъул халкъияв артист. Цинги… — Россиялъул халкъиял артистал — Сидрат Мажидова, Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, Зайнаб Набиева. Россиялъул мустахӏикъал артистал Басир Инусилов ва Хӏусен Казиев, Дагъистаналъул мустахӏикъал артистал Мухӏамад Батиров, гьесул вас Гӏалисултан Батиров, гьесулги вас Салим Батиров ва Разият Дибирова…\nГьал къоязда цоги рохалил хабар – Авар театралъул актер, Хунзахъ районалъул Гъоркьколоса Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъов мустахӏикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе.\nГьасие хъат чӏвана гӏагараб халкъалъ\nЩив кколев Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъов. Халкъалъ къабул гьавурав актер. Гьеб кколарищха актерасе бищунго аслияблъунги – жиндир пагьму-гьунаралъе гӏадамаз чӏвалеб хъат. Гьеле гьеб ккола бищунго тӏадегӏанаб шапакъатги. Вокьулев артистасе халкъалъ чӏвалеб хъаталъулъ букӏунебщинаб хинлъиги рокьиги. Гьеб насиблъана Гӏабдулхаликъие.\nИнсан ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас гьесие кьолеб батула хасаб тӏадкъай. Гьеб тӏадкъай тӏубазе ресалги кьола гьесие Тӏадегӏанас. Гьеб ресалдаса пайда босана Гӏабдулхаликъица – гьев лъугьана халкъалъе вокьулев артистлъун. Дун гьитӏинаб мехалда, ракӏалда буго, магӏарухъе Авар театр бачӏун бугилан рагӏидал, гьикъулаан Муса Гӏабасовги Махӏмуд Гӏабдулхаликъовги ругелищилан. Хадубги цӏехолаан Хӏусен Казиев гьечӏевищилан. Гьанже Махӏачхъалаялде спектаклязде рачӏунеб мехалда, чанги рагӏана абулеб Гӏабдулхаликъ ватилародайилан. Гьесухъ ралагьизе рачӏун ругилан. Гьеле гьеб хӏужаялъ бицуна актерасул пагьмуялъул даражаялъул.\nНахъа тарал лъалкӏазул сухъмахъаздасан\nГьавуна Гӏабдулхаликъ Хунзахъ районалъул Гъоркьколо росулъ 1961 соналъул декабралда. Исанасеб сон гьесие буго бачӏин гӏемераблъун — тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикълъана, гӏумруялъулги — 65 сон. Гӏабдулхаликъ сценаялде вахаралдасаги тӏубан буго 47 сон. Юбилеялъулал къоязде ахӏила Гӏабдулхаликъ редакциялде гьоболлъухъги, гьабила гьесулгун гӏатӏидаб гара-чӏвариги. Гьаб гьитӏинабго макъала биччанте букӏине гьеб тадбиралъе цеберагӏилъун.\nГӏарани росдал гьоркьохъеб школа лъугӏарав гӏолилав хӏалтӏизе лъугьана Авар театралде сцена къачӏалев чилъун. Авар театралде гьесул ракӏцӏаялъе гӏиллалъунги вукӏун ватизе бегьула инсул вац Махӏмуд Гӏабдулхаликъов. Гӏабдулхаликъил пагьму-гьунарги бичӏчӏун, лъикӏаблъун бихьула театралъул нухмалъиялда гьев актерлъиялъул пагьмуялъе цӏализе витӏизе.\nВа 1974-1984 соназда гьев цӏалана Типлисалда бугеб Ш. Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталда.\n1979 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Авар театралда. 2012 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист»абураб цӏар. 2015 соналда гьев мустахӏикълъана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамотаялъеги.\nРакӏалде щвезарилин артистасул театралияб гӏумруялъул цо-цо лахӏзатал. Чан батӏияв Гӏабдулхаликъгун нилъ дандчӏварал 47 соналда жанир:\n— «Мугӏрузул Гӏали» (З. Гӏалиханов) — Гӏиса, «Рекӏее бокьани» (Г. Рустамов) — Ибрагьим, «Дурцал» (М. Сулиманов) — Зазилав, «Аманат» (Гӏ. Хачалов) — Сулейман, «Магӏарулай» (Р. Хӏамзатов) — Гӏусман, «Москваялдаса бахӏарав» (Г. Гагиев) – Набигула, «Махӏмуд» (М. Гӏабасил — Ислам, «Чакмаби ретӏараб кету» (Ш. Перро) — судияв, къирал. «Цо ясалъул ункъо бахӏарав» (Т. Миннулин) – Шакур, «Хӏажимурад» (Л. Толстой) — Хӏамзалав ва гь.ц.\n«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъул рахъалдасан баркула Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъовасда пагьмуялъул хӏокӏаздасан гьелъул тӏогьазде гьунаралъ тӏамураб иргадулаб гали.\nШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "stomatologasuhe-kvatӏuge", "url": "https://hakikat.info/?nationals=stomatologasuhe-kvatӏuge", "title": "Стоматологасухъе кватӏуге", "date": "2026-02-18 14:50:06", "categories": [], "text": "‏\nИчӏабилеб февралалда Россиялда кӏодо гьабуна стоматологасул къо. Гьелда бан 5-11 февралалда улкаялдаго тӏобитӏула ца-кӏалалъул сахлъи цӏуниялде жавабияб бербалагьиялъул анкь.\nЦа-кӏалалъул унтаби ккола бищунго тӏиритӏараллъун. Сахлъи цӏуниялъул рахъалъ тӏолгодунялалъул гӏуцӏиялъул баяназда рекъон, ца-кӏалалъул унтаби руго лъабго миллиардгун щунусго миллион чиясул. Республикаялъул стоматологияб поликлиникаялъул баяназда рекъон, 2025 соналда Дагъистаналда пародонталъул унтиялдаса сахлъизавуна 3898 чи, 2024 соналда — 3686 чи.\nНекӏсияб заманалдаго машгьурлъарав тохтур Ибн Синал тӏахьазулъ рехсон буго гӏусал-цаби гьаргьадиялъул ункъо гӏилла: щиб букӏаниги тункун, нилъалзул хӏамул жагъаллъи, микробал гӏемерлъи, кваникълъи ва чи хӏалакълъи. Тохтурас рицун руго гьел унтаби инариялъе квербакъулел къагӏидабиги: рахӏат гьаби, цӏа-кан бахинабулел унтабазде дандечӏолел дараби хӏалтӏизари, витаминаздалъун ва белокалдалъун бечедал кванил нигӏматал хӏалтӏизари ва чакар гъорлъ гьечӏеб сакъис чӏами.\nЦа-кӏалалъул унтабазда абула пародонтит ва гингивит. Ибн Синаца рехсаразда тӏаде гьанжесел гӏалимзабаз жубалеб буго унтиялде дандечӏезе черхалъул къуват (иммунитет) загӏиплъи ва гӏусал чурунгутӏи. Гьел унтабазе гӏиллалъун ккезе бегьула чорхол лугбазда хиса-басиял ккей, бидул, бидурихьазул ва батӏи-батӏиял лугбазул унти букӏин. Гьединав чиясул цаби хехго хола. Масала, ресукъав мискин-пакъирав чиясе гӏорцӏизегӏан квен щоларо. Мукъсанлъула гьесул чорхолъ витаминалгун минералал ва гьелъул хӏасилалда загӏиплъула тӏолабго черх. Гьеб ккола медицинаялъул гуребги, жамгӏиябги масъала.\nЛъикӏаб буго, халатбахъараб пародонт бугони, даруял хурдул хӏалтӏизаризеги. Гьел церегоялдаса нахъе пайдаяллъун рикӏкӏуна халкъияб медицинаялда. Гьел хурдузулъ руго алкалоидал, гликозидал, витаминал, микроэлементал, эфиралъул нахал, гӏумру чӏаголъизабулел лъамалъаби. Стоматологиялда хӏалтӏизарула чӏотӏохералъул (ромашка), магӏкӏил (алтей), горная арникаялъул, каланхоэялъул, рукъалъул тӏегьалъул (золотой ус), алоэдул, базиликалъул, шагьбулуталъул (каштан конский) ва цогидал хурдузул тӏокӏкӏелал. Гьел хурдузул тӏокӏкӏелаз бегьула кӏал хулизе, гьезда гъорлъ ччураб чӏорто яги квасквас унтараб бакӏалда чӏвазе.\nЗаманалда дару гьабизе байбихьани, цабзазул унти хехго сахлъизабун бажарула. Кӏудияб кӏвар буго аптекаялдасаги халкъияб медицинаялъулги дараби цадахъго хӏалтӏизариялъулги. Нагагь кӏалдисан махӏ бахъани, дабаздаса би бачӏунеб бугони, цабзазда тӏад чӏегӏерлъи загьирлъани, кватӏизегӏан чӏечӏого, тохтурасухъе ине ккола.\nДИАНА БАРТИХАНОВА,\nРеспубликаялъул стоматологияб поликлиникаялъул\nтерапиялъул отделениялъул нухмалъулей, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат"}
{"slug": "bokuleb-hialtiul-rahiatab-lahizat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bokuleb-hialtiul-rahiatab-lahizat", "title": "Бокьулеб хӏалтӏул рахӏатаб лахӏзат", "date": "2026-02-18 14:52:53", "categories": ["tsiekh-rekh"], "text": "Ахирал соназда гӏемер бицараб, нилъеда киназдаго лъикӏ лъалеб ва дандчӏвалеб суаллъун ккола республикаялда цӏакъго гӏемерлъун рукӏин тӏадегӏанаб цӏалул учреждениял, цӏикӏкӏунеб букӏин, щиб санагӏат гьабунги, дипломал кодоре щвезе бокьаразул къадар. Амма гьезул цӏалуда ва дипломазда рекъараб, гьезие гӏураб ва гьелде гӏагарараб хӏалтӏи нилъер гьаниб гьечӏо, щакаб буго гӏагараб заманалда букӏинги.\nГьебго заманалда нилъее гӏолел гьечӏо хӏалтӏул профессиязул (гьездехун цӏайи, дагь-дагьккун цӏикӏкӏунеб бугониги) хӏалтӏухъаби. Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 30-гӏанасеб вуз, гьезул филиалал ва 87 колледж. Хӏалтӏул махщалилал къватӏире риччалел колледжазда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола Махӏачхъалаялда бугеб бакӏал раялъул ва дизайналъул колледжалъ.\nЖакъа ниж щвана гьенире ва гьелъул хӏакъалъулъ къокъабго баян кьуна, 45 соналъ директорасул заместителасул хъулухъги тӏубан, гьабсагӏаталда преподавательлъун вугев, Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъа Мухӏамадбег Гӏизраиловас. Гьев ккола хӏалбихьи бугев педагог-насихӏатчи, ДРялъул мустахӏикъав учитель, РФялъул СПОялъул Хӏурматияв хӏалтӏухъан, Тӏадегӏанаб категориялъул мугӏалим.\n— Колледжалъ гъоркьиса тӏубана 50 сон. Байбихьуда гьеб букӏана профессионалияб училище, доб мехалъ, советияб заманалда гьанив цӏалулаан 600-650 студент. Хадуб гьаб гӏемерго гӏатӏилъана, кӏодолъана, 2013 соналда профессионалияб лъай кьеялда гьарурал реформабазул хӏасилалда гьелъул гьабуна колледж. Гьелъул цӏалул, хӏалтӏул аслияб рахълъун ккола ралел бакӏазул магӏишат хасаб гьоркьохъеб цӏалиялъул хӏалтӏухъаби- устарзабаздалъун хьезаби. Нижеца къватӏире риччала сварщикал, отделочникал, плотникал, электрикал, машинаби къачӏалел механикал ва гь.ц. Ясал ругьун гьарула ретӏел букъизе, квен ва кванил нигӏматал хӏадуризе. Къокъго абуни, гъира бугезе буго бокьараб махщел щвезе рес, гьелъие камураб щибго гьечӏо, кибего рагьун буго каву. Гьабсагӏаталда гьанив цӏалулев вуго 1500-1600 студент, гьезие лъай-тарбия кьола 70-гӏан преподавателас, руго махщелгун хӏалбихьи бугел мастерал. Нижеца къабул гьарула 9 ва 11 класс лъугӏарал цӏалдохъаби, 9 класс лъугӏун рачӏаразе щола 10-11 классазул гьоркьохъеб лъай, киназего щола лъикӏаб лъай ва махщел. Лъабил къимат гьечӏого цӏаларазе буго стипендия, буго лъабил къимат бугониги кьолеб социалияб стипендия, дирекциялъ яхӏ бахъула хӏажалъиялде ккаразе ресалда рекъон материалияб кумек гьабизе. Хӏажатазе буго общежитие. Нижер лъикӏал бухьенал руго Аграрияб ва Техникияб университетазулгун, гьаб лъикӏ лъугӏаразе гӏезегӏан бигьалъаби руго гьенире лъугьинеги. Гьанибго рехсела цоги хӏужа — гьаб колледж лъугӏарал гӏезегӏан гӏолохъаби руго СВОялдаги, гьезда гьоркьор руго рагъулъ бахӏарчилъи бихьизабуралги.\n— Дагьлъулеб бугищ цӏализе бокьаразул къадар, цӏали лъугӏун хадуб хӏалтӏи щоларого хутӏулищ гьел?\n— Цере аслияб куцалда рачӏунаан росабалъа гӏолилал, цӏакъ дагь гурони рукӏунароан шагьараздаса. Гьанже гьеб рахъалъ буго гӏага-шагараб ращалъи. Гӏемерисел руго гьоркьохъеб ресалъул, гӏадатиял хъизамаздаса. Абила бугеб хӏалалда — гьаб лъугӏарал, гьаниб махщел щварал гӏолилал хӏалтӏи гьечӏого хутӏуларо, гьезул буго лъикӏаб тӏалаб — гӏемерисел уна ралел бакӏазде (гьенибго букӏуна гьезул практикаги).\nХадур ниж щвана рукӏинесел сварщикал ругьун гьарулеб цехалде ва гьенир дандчӏвана тӏоцебесеб курсалъул студент, Болъихъ районалъул Ансалтӏа росулъа Хӏосенов Абукъасимгун.\n— Абукъасим, сварщикасул махщел тӏаса бищиялъе гӏилла щиб букӏараб?\n— Дир цӏалул хӏасилазда рекъон, вахъуна кӏиабилеб ялъуни лъабабилеб разрядалъул сварщик. Бищун тӏадегӏанал рукӏуна 5-6 разрядал, амма гьел щола хадусеб хӏалтӏул хӏалбихьиялда рекъон. Гьаниб букӏуна цӏалиги практикаги — тӏоцебесеб курсалда лъугӏула 10-11 классазул программа (9 класс лъугӏун цӏализе рачӏараз), кӏиабилеб курсалда букӏуна практика. Нижер классалда вуго 30 студент, гьабсагӏаталда гьел руго дарсазда. Дагьал цере нижер гьанир рукӏана колледжалъул студентал — сварщиказда гьоркьор къецал, гьениб дица ккуна тӏоцебесеб бакӏ. Гьанже гьанирго 16 февралалда тӏоритӏизе руго гьединалго къецал. Республикаялъулго колледжазда гьоркьор тӏоритӏулел гьел къецазда нижер колледжалдаса гӏахьаллъизе вуго дун.\n— Тӏоцебесеб бакӏ щвеялде хьул бугищ?\n— Буго. Гьенир бергьаразе рихьизарун руго шапакъатал, тӏоцебесеб бакӏ ккурав уна Калугаялде, гьединалго тӏолгороссиялъулал къецазде.\n— Цӏализе, хӏалтӏизе кинал шартӏал чӏезарун ругел?\n— Сундулго къварилъи гьечӏо. Кьола стипендия (600 гъурущ), буго общежитие (гӏумру гьабулев Шамхал-Терменалда вукӏиналъ дун гьенив чӏоларо), учузаб багьаялда кваназе ине столоваяги буго. Камураб, гӏолареб жо гьечӏо.\n— Гӏемерисел дур кьерилаз тӏаса бищула дагьаб бигьаяб, компьютералда нахъа чӏун тӏубалеб хӏалтӏи. Дуеги гьебго бокьилароанищ? Цӏали лъугӏун хадув кив хӏалтӏизе ракӏалда бугеб?\n— Дидаги лъала компьютер, амма дица къабул гьабуларо, дие данде кколаро гьелда нахъа вукӏун гьабулеб хӏалтӏи. Цӏали лъугӏун хадув хӏалтӏила машинаби къачӏалев сварщиклъун. Дирго рукъалда аскӏоб гьелъие гьитӏинабго бакӏги рагьун, рахӏаталда, дие гӏагараб, бокьулеб хӏалтӏиги гьабун вукӏиналдаса лъикӏаб иш дие гьечӏо.\nГӏАБАШ ГӏАБАШИЛОВ"}
{"slug": "salataviyalul-shapakataze-mustahiikal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=salataviyalul-shapakataze-mustahiikal", "title": "Салатавиялъул шапакъатазе мустахӏикъал", "date": "2026-03-03 11:18:37", "categories": ["magiarukh", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "24 февралалда Казбек районалда, Муса Гӏазаевасул цӏаралда бугеб спорталъул школалда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Камилпаша Гӏумаханов, адвокатазул коллегиялъул председатель Зайбодин Гӏумаров, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасанов, хӏалхьиялда вугев полковник Сайгид-султан Хӏажигӏалиев, хӏалхьиялда вугев полковник Аслудин Сурхаев, Хасавюрталъул техникияб колледжалъул директор Шамил Мухӏамадов ва цогидалги.\nТадбиралда кӏалъазе вахъарав Муса Гӏазаевас абуна:\n— Жакъа гьаб данделъи гьабизе ракӏалде ккана, февраль моцӏалъул 24 къо хасаб рагъулаб операция байбихьараб къо букӏиналда бан. 23 февральги ккола Ватӏан цӏунулезул къо. Гьединлъидал, гьеб кӏиябго къо цолъизеги гьабун, гӏуцӏана гьаб тадбир.\nЖакъа гьанир руго афгъанал, СВОялъул гӏахьалчагӏи, ополченцал ва полициялъул хӏалтӏухъаби. Гьел руго батӏи-батӏиял тунка-гӏусиязда ва рагъ-кьалазда гӏахьаллъарал ва лъадарарал чагӏи. Гьанир руго лъабцӏул «Орден мужества» щварав, рагъда жиндирго рухӏ кьурав васасул эмен ва цогидал бахӏарзал, — ан.\n— СВОялъул гӏахьалчагӏигун данделъизе кин тӏоцебе байбихьараб?\n— Тӏоцебесеб данделъи гьабизе байбихьана гьенив тӏагӏарав Дилималдаса цо гӏолохъанчи сабаблъун. Дун вуго ополченец. Кин бугониги, дица дора ругезулгун бухьенги гьабун, гьесул цӏех-рех гьабулаго, тӏагӏун вукӏарав вас вачӏана живго. Дица ополченцазе лъагӏалида жаниб цо-цо нухалъ шапакъатал, медалал кьолаан. Гьебги лъан, цо къоялъ гьес абуна жиндиеги щайин гьеб медаль кьоларебилан абун. Хвалдаса ворчӏарав, хӏалица рокъове щварав чи гьебги кьун вохизавизе диеги бокьана. Цинги гьес вачун вачӏана жеги лъабгояв, гьезиеги кьуна, гьезда хадур цоги рачӏана, гьезиеги кьуна. Ахӏун бачӏунаан жидее кьоларищилан абун. Щай гьезие гьел кьезе бегьулареб? Украинаялъул ракьалда цо гали лъуравги вуго бахӏарчи. Гьедин байбихьана СВОялъулазулгун, афгъаналъулазулгун ва полициялъулазулгун хӏалтӏи гьабизе.\n— Гьарулел ишазул хӏакъалъулъ бицунеб сайт ялъуни социалиял гьинал ругищ дур?\n— Буго. Россиялда гьукъараб Инстаграмалда бугеб гьумералде ваккула 15 азаргогӏан чи. Гьенир лъола дица гьаруралщинал хӏалтӏаби. Киназдаго бихьула, балагьула ва 150 азаргогӏанасеб къадар балагьаразулги батула гьениб. Цинги чангияз ахӏун бачӏуна, Краснодаралдаса гӏурус миллаталъул чиясцин бачӏана, бегьулищила нужехъе рачӏинеян. Бегьулин абула дицаги. Рачӏуна батӏи-батӏиял районаздасаги гӏолохъаби. Нолъ ахӏун бачӏана Нугъай районалдаса чияс, жив вачӏине бегьилародаян абун. Дуего бокьараб къоялъ вачӏайин абуна гьесдаги.\n— Гьедин вачӏарав чи, къисмат цӏехечӏогойищ къабул гьавулев, цинги шапакъатги кьолеб?\n— Дица гьанже байбихьун буго гьедин вачӏарасухъа документ тӏалаб гьабизе. Бокьарав чи вачӏине рес бугелъулха медаль къваригӏун. Нилъер гӏемерал руго ричун росун «Герой Дагестана» медалалгун. Рагъ щибжояли лъадарел, каранда гьелги кенчӏезарун, хьвадулел рукӏуна. Чангиял рачӏуна гӏунсбузда. Дида гъол лъаларелъул, къвал бараб мехалда квер батуларо, бох батула протез лъураб. Гьединазе дица кьола «Салатавиялъул бахӏарчи» медаль. Дора къадар щваразул гӏагарлъиялъухъе кьола гьебго медаль. Нижер букӏуна кин ва лъие гьеб кьолебали бихьизабураб къагӏида. «Салатавиялъул бахӏарчи» медаль щвезе захӏматаб жо буго, хасго рагъул гӏахьалчагӏазе. Гӏадатиял гӏадамазе кьеб кьезе нижеца хӏукму гьабула, гьесул хӏалтӏухъ балагьун. Гьеб кьелищ-кьеларищали дандбалеб хасаб къокъа буго 15 чиясдаса гӏуцӏараб. Гьез изну кьуни гурони, гьеб кьоларо. Жакъа гьаниве вачӏине кколаан Гӏамир Гӏазаев, Гӏумаханов Камилпашал каранда «Герой Народного ополчения Дагестана» абураб медаль базе, гьединго лъабцӏул бахӏарчи Мухӏамад Хӏасановасул эмен Хасайида вас мустахӏикълъараб «СВОялъул Бахӏарчи» медаль базе.\nНижеца гьанибго хӏукму гьабуна республикаялъул «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановасеги «За веру и службу России» абураб медаль кьезе. Нилъеда бихьулеб буго гьесул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел журналистаз гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб букӏин.\n— Дургоги каранда бихьула цо батӏиябго медаль. Гьеб сундухъ дуе кьураб?\n— Чачаналда вуго дир спортивияб школалда цӏаларав кӏиго цӏалдохъан. Цояв ккола рагъулав хъулухъчи, цогидав — спортшколалъул директор. Дир юбилеялъулаб турнир тӏобитӏулеб мехалда битӏун бачӏана гьез дие гьаб меседил медаль. Дагъистаналда дир гурони гьеб гьечӏо. Доз бачӏараб бихьидал, нилъергояз Шамил имамасул цӏаралда бугеб медальги кьуна. «Дагъистаналъул бахӏарчи» абураб медальги буго дир.\n— Хасаб рагъулаб операциялъул гӏахьалчагӏазе гуребги, волонтеразегийищ кьолеб гьеб шапакъат?\n— Дилим росулъа волонтерал тӏоцересел къоязго рукӏана СВОялде гуманитарияб къайи босун хьвадулел, гьел кутакалда лъикӏ хӏалтӏулел гӏолохъабиги руго. Гьездаго цадахъ гьениве дир васги вукӏана ун. Гьел тӏасан хьвадулеб букӏараб кьоги кьвагьизабун буго гьениб, доб рахъалде щвелалде. Гьезул цӏакъ хӏинкъараб хӏалтӏи бугин абизе бегьула. Краснодаралдаса дир гьалмагъасул вас чӏвана гьениве кумекалъулаб къайи босун унелъул. Шамил районалъул нухмалъулесул заместительги чӏвана гьенив, гьединабго кумекгун ун вукӏарав чи. Гьединлъидал волонтералги ахӏула дица гьанире, кӏодоги гьарула. Дирго васасе кьолелъул къабул гьабичӏо гьес, гӏадамаз щибин абилебинги абун. 1999 соналда букӏараб рагъда дида цадахъ вукӏана дир кӏиявго вас. Цоясул букӏана 25 сон, цогидасул — 15 сон. Машинаялде рахунел ополченцазда гъорлъ вукӏана Гӏазаевазул 14 чи. Дун чӏухӏун гурони, дир гьумер нечезабурал васал гьечӏо дир. Болъихъ рагъ-кьал бугеб заманалда гьенире арал васазул дица батӏаго хӏурмат гьабула. Жакъа гурони дица васасе гьеб медаль кьечӏо, нечонги вукӏана гьев, бугониги кьуна.\nДица кидаго абула рагъде ине кӏварав чи, гьев бахӏарчи вугин. Дун ополченцалгун хӏалтӏулаго, дица абулаан гӏолохъабазда, нужеда кӏолищин автомат кодобе босизе. Цо-цояз босана, цо-цояз босичӏо, лъица кин абуниги, ярагъ кодобе босичӏого тейги бихьинчилъи буго.\n— Муса, нужеца гьадинал тадбирал кида гьарулел?\n— Тӏоцебе, ополченцалги ракӏарун, данделъи гьабулеб букӏана моцӏида жаниб 6-7 нухалдаги. Цӏикӏкӏун гьариялъ захӏмалъулел рукӏана. Цинги хӏукму ккана моцӏида жаниб цо нухалда гьабизе. Гьанире рачӏарал гӏолохъаби чӏорого риччачӏого, байбихьана гьезие шапакъатал кьезе.\n— Тамашаяб жо, Муса, мунго кин хутӏарав СВОялде инчӏого?\n— Ватӏаналде тӏаде къо ккедал рахъана ополченцалги, СВОялде ана гӏолохъабиги, дун гьелгун вуго кидаго. Дица абула гьезда, цо-цогӏаги дунги вачейин цадахъилан. Мун гъове хьихьизейищ жидеца вачиневинги абун, релъула гьел. Гъира букӏуна, цо-цо гъолгун цадахъ инеги. Дица гьедин абуниги, 76 сон барав дун кивеха гьез вачинев?\n— Казбек районалдаса чан гӏолохъанчи гӏахьаллъарав ва гӏахьаллъулев вугев СВОялда?\n— Дихъ мухӏканаб баян гьечӏо, амма цо заманалда азаралда щунусгоялдаса цӏикӏкӏун чи вукӏана. Гьелдаса хадувги гӏемерав чи ана. Казбек район кӏиабилеб бакӏалда бугин абулаха.\n— Муса, щиб гьарилеб нилъер гӏолохъабазе?\n— Аллагьас рохалида, сах-саламатго, жидерго хъизамазде, эбел-инсуде, лъималазде тӏаде бергьенлъигун рачӏине хъван батаги киналго, гьаб гӏагараб заманалда жаниб.\nДанделъиялда гӏахьаллъарал СВОялъул бахӏарзаз ва тӏаде рачӏарал гьалбаз, жидерго ва рагъухъабазул рахъалдасан ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабуна Муса Гӏазаевасе, гьесул кумекалдалъун бачӏунеб гуманитарияб кумекалъухъ ва кӏодо гьарун кьолел шапакъатазухъ.\nГара-чӏвари гьабуна Рукъият Гӏалисултановалъ"}
{"slug": "narkotikal-hialtiizarulel-giemerlun-rugo", "url": "https://hakikat.info/?nationals=narkotikal-hialtiizarulel-giemerlun-rugo", "title": "Наркотикал хӏалтӏизарулел гӏемерлъун руго", "date": "2026-03-03 11:25:41", "categories": ["gara", "med", "obshestvo"], "text": "Наркотиказде данде къеркьолеб ДРялъул Миллияб комитеталъул (НАК) баяназда рекъон, бищун гӏемер наркотикал тӏиритӏараллъун рикӏкӏуна Махӏачхъала, Гъизляр, Дербент шагьаралги Дербент ва Тарумовка районалги. Щай цӏикӏкӏунел ругел наркотикал хӏалтӏизарулел гӏадамал ва щиб гьабизе кколеб гьел тӏиритӏизарунгутӏиялъе? ДРялъул Наркотиказда хадуб халкквеялъул управлениялъул Махӏачхъалаялда бугеб отделалъул нухмалъулев, полициялъул подполковник Гӏумархӏаям Гӏумаровасе гьел ва цогидал суалал кьуна «Дир хирияб ватӏан» абураб къокъаялъул гӏахьалчагӏаз.\n— Республикаялда гӏемерлъулел руго наркоманал. Гьелъие аслияб гӏилла щиб кколеб?\n— Аслияб къагӏидаялда наркотикал ричулел руго социалиял гьиназдаса пайдаги босун. Гьединлъидал гӏолилазе бигьалъулеб буго гьел росизе, ругеб бакӏ балагьизе. Гьеб буго наркотиказде данде къеркьолеб идараялъе бищунго захӏматаб масъала. Гьеб тӏубазабиялъул мурадалда нижер идара хӏалтӏулеб буго республикаялъул гӏолилазул жамгӏиял гӏуцӏабазулгун ва муфтияталъулгун щулияб бухьенги гьабун. Гӏемерал тадбирал тӏоритӏула вузаздагун школазда. Амма кинго хадур гъоларо хехго тӏибитӏулеб бугеб гьеб заралияб пишаялдаса гӏолилал ратӏа гьаризе. Хӏажат буго тӏолабго халкъалъул хӏаракат гьелде данде къеркьеялде буссинабизе.\n— Кин дихъа, мисалалъе, бажарулеб гьелде данде къеркьезе?\n— Наркотиказул зарал бичӏчӏулев щивав чиясе рес буго гьелъул хӏакъалъулъ макъалабиги цӏалун, нужго ругел бакӏазда гӏолилазулгун гара-чӏвариял гьаризе. Нужеда лъалеб буго наркотикал ричулеб бакӏ, гьеб гьабулев чи — кӏалъай нижехъе.\n— Аптекаялда бокьараб дару бичула, рецептги тӏалаб гьабуларо. Гьенир ричулищ наркотикал, ругищ гьединал баянал?\n— Махӏачхъалаялда буго инсанасул черхалъе цӏикӏкӏараб асар гьабулел, ай наркотикияллъун яги наркотик гъорлъ бугеллъун рикӏкӏунел дараби ричулеб пачалихъияб кӏиго аптека. Гьенисан къватӏибе унеб щибаб даруялъул сияхӏ-хӏисаб гьабула. Рецепт гьечӏого, кьезеги кьоларо. Хутӏарал аптекабазда гьел ричуларо — гьезул ихтиярги гьечӏо гьел ричизе. Нижеца кутакалда халкквей чӏезабун буго гьелда хадуб. Гьелъул мурадалда гӏемерал рейдалги гӏуцӏана. Гьединлъидал ракӏчӏун абизе кӏола: аптекабазул 90 проценталда наркотикал ричуларо. Гӏемерал тадбирал нижеца гьарулеблъи хӏехьечӏого, чанги аптека къана шагьаразда.\nАмма рецепт гьечӏого цогидал дараби кьеялъул масъала буго. Гьедин ричула макьу бачӏинабулел, унти къатӏинабулел, чорхол хӏалуцин дагьлъизабулел ва цогидал дараби. Хӏакъикъаталда, рецепталда рекъон гурони, бегьуларо гьелги ричизе. Цадахъго гӏемерал таблеткаби гьекъани (масала, Нурофеналъул цо тайпа, Атаракс), гьезги лъугьинабизе бегьулелъул наркотикал гьекъараб гӏадаб хӏал. Гьелда хадубги халкквей гьабула нижеца. Масала, кӏигогӏан соналъ цебе Буйнакскиялда ккуна, хӏажат гьечӏониги, черхалъе цӏикӏкӏараб асар гьабулел дараби росизе рецептал кьурал тохтурзаби, пачалихъияб аптекаялъул хӏалтӏухъаби.\n— Кинаб хасият букӏунеб наркотик хӏалтӏизабурав чиясул?\n— Руго синтетикиялги каннабисалъулалги наркотикал. Кинаб наркотик хӏалтӏизабун бугеб — гьелда бараб букӏуна чиясул хьвада-чӏвадиги, хасиятги, сипаталъул хаслъиги. «Синтетикияв» наркоманасул ясберал чӏахӏалъула, берал рукӏуна къватӏире кӏанцӏизе хӏадурал гӏадал; гьев жигаралда вукӏуна, цо ишалъе-мурадалъе гӏоло хӏаракат гьабулев гӏадин. «Каннабисияв» — макьихун, цо бакӏалда чӏун хутӏарав гӏадин вукӏуна.\n— Гӏолилазе кутакалда рокьула энергетикал гьекъезе. Гьезул зарал букӏунищ? Бегьуларищ гьел гьукъиялъе тадбирал гьаризе?\n— «Горилла» ва гьелда релълъарал цогидал энергетикал гӏемерисеб мехалда гьекъола спортсменаз – хӏалуцараб тренировкаялдаса хадуб черх рукӏалиде ккезабизеян абун. Гьезда гъорлъ рукӏуна кофеиналъул кӏудияб доза ва цогидал жал. Гьебго заманалда, нилъеда лъала, гӏолилазул черхалъе гьез кӏудияб зарал гьабулеблъи. Амма гьел ричугеян абизе нижер ихтияр букӏунаро: гьезулъ чорхое зарал гьабулел жал ругилан абураб лабораториялъ тасдикъ гьабураб кагъат гьечӏелъул. Административияб кодексалда буго низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ хасаб статья. Гьелда рекъон гьукъун буго 18 сон бачӏел гӏолилазе энергетикалги вейпалги (электронниял сигаретал) ричизе. Гьединаб хиса-баси кодексалда гьабуна исана. Гьел ричулев чиясе административияб тамихӏги гьабула.\nЭнергетикал гьекъарав 5-6 гӏолохъанчи больницаялде ккана. Лабораторияб анализ гьабизе чанго моцӏ бала, гьединлъидал мухӏканго абизе кӏоларо, гьекъарал жалазул хӏасил гьеб кколищали. Амма тӏоцересел анализаз щаклъизе тӏамулел руго гьелъие гӏиллалъун наркотикал рукӏиналде. Гьанже гьеб масъалаялде цӏикӏкӏун кӏвар кьолеб буго депутатазги. Хьул буго энергетикалги вейпалги гьукъиялъул законалда жеги хиса-басиял гьариялде.\n— Дагъистаниязда гьоркьоб тӏибитӏун буго низам цӏунулел идарабаз наркобизнесалъе квербакъулеб бугин абураб пикру. Гьеб битӏараб бугищ?\n— Гьединал харбал руго. Амма гьеб пикру ритӏухъ гьабизе кӏоларо. Гьеб рахъалъ ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏула Кавказалъулго низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби. Нилъ руго Дагъистаналда гӏумру гьабулел. Кигӏан бахчизе хӏаракат гьабуниги, гьединаб хабар нухмалъиялъухъе щвечӏого хутӏуларо – гьеб буго нилъер менталитеталъул хаслъи. Наркобизнесалъулгун бухьен гьабиялъул букӏунеб хӏасилги киназдаго лъала. Гьединлъидал низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъаби гьеб ишалда гьоркьоре къаларо. Гьеб пишаялде лъугьарав чи ахир-къадги тӏатуна ва гьесие кьварараб тамихӏги гьабула. Гьелъул хӏужабиги цӏакъго дагь руго республикаялда. Дун 20 соналъ хӏалтӏулев вуго наркополициялда. Наркобизнесалъе къайимлъи гьабулев полициялъул хӏалтӏухъан дида вихьичӏо.\n— Полициялъул хӏалтӏухъанас, хъулухъалдаса пайдаги босун, наркотикал тӏиритӏизаризе кумек гьабиялъул хӏужаби ругищ?\n— Гӏарцухъ намус-яхӏ бичулев хӏалтӏухъан камураб идара цониги батиларо. Гьединал тӏатинарула ва тамихӏалде цӏала.\n— Щиб гьабизе кколеб наркотиказул балагь тӏагӏинабизе?\n— Киналго цадахъ рекъон хӏалтӏизе ккола. Хъизамалда, школалда, вузалда бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏизе ккола. Наркотикал щай тӏиритӏулел ругел? Гьел росизе къваригӏарал чагӏи гӏемерлъун ругелъул. Щибаб моцӏалда нижеца туснахъ гьарула наркодилерал. Гьезул бакӏалда рачӏуна цӏиял. Рокъобги, мажгиталдаги, лъай кьеялъул идарабаздаги – кибго тарбия кьолеб бугони, гьел росизе къваригӏарал гӏадамалги дагьлъила, наркотикалги республикаялда къанагӏалъила.\n— Кинаб тамихӏ гьабулеб наркотик бичарав чиясе?\n— Наркотикал ричиялъухъ яги тӏиритӏизариялъухъ административияб тамихӏ букӏунаро — гӏицӏго уголовнияб. Наркотик хӏалтӏизабиялъухъ ва цӏуниялъухъ (масала, марихуанаялъул анлъго граммалъухъ) букӏине бегьула административияб тамихӏ: гӏакӏа бахъи яги хӏалтӏизе тӏами. Гьелдаса цӏикӏкӏараб бугони, гьабула уголовнияб тамихӏ. Гьеб бараб буго бичараб наркотикалъул къадаралда. Масала, героиналъул гьитӏинаб доза бичаралъухъ кьезе бегьула 10 соналъул туснахъ, 50-100 граммалъухъ — 20-25 сон. Гӏумруялъго жанив тӏамизеги бегьула.\n— Кисан рачӏунел наркотикал Дагъистаналде?\n— Наркотикал хьвадулел нухазда хадуб кидагосеб халкквей букӏуна. Аслияб къагӏидаялда Россиялъул централиял регионаздаса нилъехъе раччула синтетикиял наркотикал. Къватӏисел улкабаздаса къанагӏат гурони рачӏунаро – лъагӏалида жаниб цо хӏужа букӏине бегьула гьединаб.\nГьел раччула жалго бетӏергьанаб машинаялда, поездалда: гьениб балъгояб бакӏ гьабула наркотикал рахчизе. Нилъер гӏадамалги уна Москваялде, Москва областалде, Ростовалде ва гьениса наркотиказул кӏудияб партиягун тӏадруссуна.\n— Дагъистаналдаго наркотикал хӏадуриялъул хӏужаби ругищ?\n— Централияб Россиялда хӏадурула мефедрон ва цогидал наркотикал. Нилъер гьанибги букӏана мини-лаборатория гӏуцӏиялъул 2-3 хӏужа. Амма гьелъул гӏуцӏарухъаби ккуна ва гьабсагӏаталда жанир тӏамунги руго. Ккуна дагьалъ цеве Махӏачхъалаялдаса гӏолилавги. Мефедрон хӏадуриялъул мурадалда гьанжего-гьанже байбихьараб лаборатория бугоан гьесул.\n8-10 соналъ цебе Дагъистаналда тӏибитӏун букӏана спайс. Гьеб хӏалтӏизабиялъухъ уголовнияб тамихӏги чӏезабун букӏинчӏо. Ахирал соназда наркотиказул бокьараб тайпаялъухъ уголовнияб тамихӏ чӏезабун буго.\nХӏадурана Кавсарат Сулеймановалъ."}
{"slug": "dov-cziunun-vukiana-mugirul-kurabaz", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dov-cziunun-vukiana-mugirul-kurabaz", "title": "Дов цӏунун вукӏана мугӏрул кьурабаз", "date": "2026-03-03 11:34:07", "categories": ["insan", "magiarukh", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Исана лъабкъого сон тӏубала Афгъанистаналъул рагъул бахӏарчи, Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Шамил Гӏалиханов гьавуралдаса. Гьелде тӏадеги жубалеб буго цоги пашманаб хӏакъикъат — исана гьединго кӏикъого сон тӏубала, гӏагараб ватӏаналда цебе налъиги тӏубалаго, Афгъаналъул мугӏрузда гьес берал къанщаралдаса. Досул букӏана гӏицӏго къого сон…\nДагьал церегӏан къояз цоги нухалда ракӏалде щвезавуна бахӏарчи. Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школалда ва гьесул минаялъул къадада чӏвана ракӏалдещвеялъул хъарщал, районалъул нухмалъиялъул вакилзабиги гӏахьаллъун. Шамилил тӏоцеесей учитель йикӏана дир эбел, мунагьал чураяй Хӏалимат Гӏалибегова. Гьелъги гӏемер бицунаан гьитӏинав Шамилил кьвариялъулги къвакӏиялъулги. Гьейгун цадахъ гӏемер щолаан дун Шамилихъе рокъоеги. Ракӏалда буго цо гьадинаб лъугьа-бахъинги:\n— Тӏанусисан, сухъмахънухдасан тӏаса-гъоркье жиндирго гӏагараб росулъе лъелго ине йикӏарай эбелалда вихьула гьитӏинав Шамил жидерго минаялъул къададасан гъоркьеги вортун, чанго нухалда гирун, лъикӏго гъокьегӏан унев. Гьезул мина буго кьурул рагӏалда. Ахӏуд щварал росуцоязда ракӏалдецин ккун букӏинчӏо Шамил чӏаго ватилин. Амма гьел аскӏоре щолаго, Шамил тӏаде вахъун вуго. Гӏурабго борхалъиялъул кьурулъан вортарав гьитӏинав Шамилида ругъунгицин лъун батун гьечӏо…\nДов цӏунун вукӏана мугӏрул кьурабаз\nХъван буго гьесул хӏакъалъулъ журналист Хӏажи Гӏариповас «Вечная слава мужеству» абураб тӏехьалдаги. Хъвана гьесул гьайбатаб къиса гӏагараб росдал мугӏруз жидерго карандаги. Цӏалулеб буго гьеб къиса жакъаги бахӏарчиясул ирсилаз. Такрарлъана гьесул гьунарал, 1999 соналда, гӏагарал мугӏрузде «ахӏичӏел гьалбал» рачӏиндалги — Тӏанусиса кӏиго гӏолилав мустахӏикълъана «Бихьинчилъиялъул орденалъе». Такрарлъулел руго гьел жакъаги – гьитӏинабго Тӏануси росулъа СВОялда гӏахьаллъана ва гӏахьаллъулев вуго лъабкъогоялде гӏагарун гӏолилав. Гьезда гьоркьой йиго кӏиго гӏолилайги — хъахӏал маккал-медсестраби. Гӏелалъ гӏелалъухъе кьун, бахӏарлъулеб буго бахӏарчилъи.\nГьаниб гъоркьехун цоги нухалда такрар гьабулеб буго Шамилихъе эбелалъ хъвараб ахирисеб кагътил къисаги.\nХъвалаго хутӏараб кагъат\n— Салам, дир хирияв вас Шамил. Гьалеха эбелалъ духъе хъвалеб буго цоги кагъат. Щаялиго рекӏее рахӏатги гьечӏо. Кьижун макьуги щолеб гьечӏо. Дур хабарги лъаларого, ракӏбакъван йигоха, дарман. Щайха дуца дие жаваб кьолареб. Цохӏо рохелги бугоха дие. Кватӏичӏого армиялъул болжалги лъугӏун, мун рокъове тӏадвуссина. Дир рекӏел канлъи Шамил! Бокьун бугеб куцха, каранде мунги къан, дур ботӏрода кверал рахъизе. Цӏакъго урхъун йиго гӏорцӏизегӏан дур бадие ялагьизе, кидаялиго, дур лъимерлъуда гӏадин, дур кверги ккун, росдал къватӏахъан тира-сверизе. Вай, ботӏролъе рачӏунел цо-цо пикрабазги хӏинкъизаюлей йиго. Кколеб буго гьаб кагъат ахирисеб нухалда бугин духъе хъвалебилан абун. Унго-унгоги, хутӏилародай дун, мун вачӏинегӏан. Нагагь дун цееса ун ятани, рокъове иналде, цин дихъе щваха, бабал дарман. Хваразул зонода цере эхетани, гьезда рихьулин абулелъулха. Бугониги, хьул буго Аллагьас мун дида вихьизе хъван батиялде…\nГьадинал пикрабазда, цин гӏодун, цин юцӏцӏун, цинги гьимун, цинги цӏидасанги гӏодун армиялда хъулухъ гьабулев вугев васасухъе кагъат хъвалей йикӏана Патӏимат, васасул жаназа росу рагӏалде щолеб бугилан лъазабизе рос Гӏабдулкъадир хӏалтӏуде хадув вачӏиндал.\nЦохӏого цо ункъгӏалалъул бетӏергьанчиясда лъалеб букӏун буго Шамил Афгъанистаналда вукӏин. Кӏвечӏо гьесда эбел-инсуда гьеб хабар бицине. Гьесда лъалеб букӏиндал жинда жаниб ракӏ лъурай эбелалъ къисматалъул кигӏанги захӏматаб гьир баччизе ккезе букӏин.\nГӏабдулкъадирида берчӏвайдал, Патӏимат хӏинкъун лъугьана. Щибулей йигейилан гьес гьикъидалги, нилъерго Шамилиде кагъат хъвалей йигилан, гьимулаго, жаваб кьуна гьелъ.\nДурги салам хъвана дица досухъейилан Патӏиматица абулелъул, Гӏабдулкъадирица жаваб гьабуна:\n— Патӏимат, нилъеца васасухъе тӏокӏалъ кагътал хъвазе гьечӏо, гьев живго вачӏине вуго, яхъая дандчӏвай гьабизе, — йилан абун.\nВай дир Шамилиланги ахӏулаго, гьей къватӏие екерана, васасда дандчӏвай гьабизе — цӏакъ бокьун букӏана гьелъие Шамил каранде къазе. Росдал советалъул азбаралъуре ракӏарарал гӏадамал рихьидалги, гьенив вас ватичӏеб мехалдаги, хӏинкъарай гӏадин лъугьана гьей. Гьеб параялъ гьениб аскӏоб чӏана цо машина.\nЙилълъаха, Патӏимат, вас вихьизеянги абун, Гӏабдулкъадирица Патӏимат машинаялъуе яхинаюна ва хадув живгоги вахана.\nПатӏиматида цебе букӏана васасул жаназа жаниб лъураб ящик…\nАфгъанистаналъул рагъул бахӏарчи, «Багӏараб цӏва» орденалъул кавалер Шамил Гӏалихановасул хабаде гьанжеги щола цӏалдохъаби, гьесул Бихьинчилъиялъул дарсазухъ гӏенеккизе…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "gӏaracz-tӏalab-gabize-begulishh", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gӏaracz-tӏalab-gabize-begulishh", "title": "Гӏарац тӏалаб гьабизе бегьулищ?", "date": "2026-03-03 11:37:10", "categories": ["obrazovanie", "obshestvo"], "text": "Школалдагун лъималазул ахалда ругьунлъун руго лъималазул эбел-инсухъа гӏарац бакӏаризе. Гьелъие рехсола батӏи-батӏиял гӏиллаби: классалъе хӏажатаб техника, гордабигъ, лажбаргун гач ва цогидаб босизеян. Бакӏарула гӏарац учительзабазда гьарурал къоял яги байрамал баркиялъул мурадалдаги. Законалъ ихтияр кьолищ гьединал мурадазе гӏарац бакӏаризе?\nРФялъул Конституциялдаса\nРФялъул Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, нилъер улкаялда лъималазе лъайгун тарбия кьезе ккола чӏобого. Гьелъухъ пачалихъалъул унеб харж ва цӏалдохъабазул эбел-инсул гӏахьаллъи чӏезабула «РФялда лъай кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб №273 законалъ. РФялъул пачалихъалъ ва регионаз кьезе ккола аслияб лъай кьеялъул программаби гӏумруялде рахъинариялъе хӏажатаб гӏарацги.\nФедералиябги бакӏалъулги бюджетаздаса школалъе гӏарац кьола:\nШколалъул тӏолалго хӏалтӏухъабазе моцӏрол харж кьеялъе.\nЦӏалул тӏахьал, пособиял, хӏалтӏул тетрадал, канцеляриялъе, лабораториялъе, спорталъе, технологиялъул ва ИЗОялъул дарсазе хӏажатаб къайи-алат босизе. Лъай кьеялъул программаялда гьоркьобе унеб щибаб жоялъухъ гӏарац кьола бюджеталдаса.\nОнлайн-сервисазухъ, библиотекаялъе газеталгун журналал хъваялъухъ, лицензия бугеб компьютеразул программаги лъай кьеялъул электронниял сурсаталги росизе.\nКоммуналиял хъулухъазухъ кьезе, школа къачӏазе, столалгун бакӏал, компьютералгун интерактивияб хъарщи ва цогидаб къайи босизе.\nШколалда тадбирал гӏуцӏиги ккола лъай кьеялъул программаялъул бутӏа. Гьединлъидал гьелъие хӏажатаб гӏарацги кьезе ккола бакӏалъул бюджеталдаса.\nЧӏобого, ай бакӏалъул бюджеталдаса харжги гьабун, кваназарула байбихьул школалъул цӏалдохъабиги, гӏемер лъимал ругел ва ресукъал хъизамаздаса, гьединго рагъул (СВОялъул) ветераназул лъималги. Хутӏарал цӏалдохъабаз кванихъ гӏарац кьезе ккола.\nШкола цӏуни — гьеб буго пачалихъияб тӏадкъай. Гьелъухъ гӏарацги кьола пачалихъалъ. Гьелда гьоркьобе уна: хъаравуллъи гӏуцӏи, видео-камераби ва рахӏатхвеялъул (тревожная) кнопка лъей. Гьелде тӏадеги тадбирал гӏуцӏиялъухъ гӏарац кьезе ккола школалъ.\nГьардухъанищ яги…\nЗаконалъул тӏалабалги хвезарун гӏарац бакӏариялъул хӏужаби гӏемер руго – щибаб школалъ батула гьелъие санагӏатаб нух. Улбузул къокъаялда хъван бачӏуна пуланаб жоялъе гӏарац бакӏарулеб бугилан. Гьеб кьечӏони, жиндир лъимералде бербалагьи хашлъилин яги «киназго кьолеб бугелъулан» абун, гӏарац кьола гӏемерисез.\nШколалъе кумек хӏисабалда, школалъул яги классалъул фондалде гӏарац бакӏарулеб бугони, гьелъул хӏакъалъулъ, кагътидаги хъван, къотӏи гьабизе ккола ва гӏарацги битӏизе ккола школалъул счеталде – бегьуларо кодобе кьезе. Школалъул ихтияр буго меценатаз яги лъималазул къайимчагӏаз гӏарац рехизелъун банкалда хасаб счет рагьизе. Чӏезабураб болжалалда администрациялъ хӏисаб кьола, чан гъурущ счеталде бачӏарабали ва сундухъ гьеб харж гьабурабали. Гьеб хӏисаб бахъизе ккола школалул сайталдаги. Цӏалдохъанасул эбел-инсул ихтияр буго, сундуе бакӏарулеб бугониги, гӏарац кьечӏого чӏезе — гьеб ккола щивасул ресалда яги гъираялда рекъон гьабулеб иш.\nШколалъул ихтияр буго мухьдахъ цо-цо тадбирал гӏуцӏизе. Масала, аслияб лъай кьеялъул программаялда тӏаде, ай пачалихъияб стандарталда гьоркьоб рехсечӏеб, дарс, кружок яги факультатив рагьизе. Гьезул хӏакъалъулъ баян кьун буго тӏадехун рехсараб №273 федералияб законалъул 101 ва 102 статьябазда.\nБегьула школалъе чӏванкъотӏараб кумек гьабизе (библиотекаялъе тӏахьал, лъималазул ахалъе расанкӏаби, школалъул театралъе къайи босиялъе). Гьеб гьабула щивав чиясул разилъиялдалъун ва гьелъие ихтияр кьола РФялъул Гражданияб Кодексалъул №582 ва №273 ФЗялъул №102 статьябаз.\nЗаконалъ гьукъула учителасда, тарбиячӏужуялда яги школалъул администрациялъул вакиласда гьавураб къо баркиялъе, гьесие сайгъат босиялъе гӏарац бакӏаризе. Сайгъат гьаби — гьеб буго щивасул рекӏел ахӏиялда ва ресалда рекъон гьабулеб иш. 3000 гъурщидаса цӏикӏкӏараб букӏине бегьуларо сайгъаталъул багьаги: гьелдаса тӏаде араб багьаялъул сайгъаталъул къотӏи (договор дарения) букӏине ккола. Сундуе гӏарац бакӏарулеб бугониги, гьелъул хӏакъалъулъ къотӏи букӏине ккола. Цӏалдохъабазул эбел-инсул ихтияр буго щибаб гъурущ кибе харж гьабурабали хӏисаб тӏалаб гьабизеги.\nЛъиде гӏарз гьабилеб?\nНагагь гӏарац бакӏарулеб бугони ва гьеб кьезе рес батичӏони, яги бокьичӏони ва гьеб бакӏари законалъул тӏалаб хвезабилъун рикӏкӏунеб батани, цӏалдохъанасул эбел-инсул ихтияр буго школалъул администрациялъухъа тӏалаб гьабизе: сундухъ бакӏарулеб бугеб пуланаб гӏарацан абун. Гьеб хитӏабалъе жаваб тӏалаб гьабе – кагътида хъвараб, гъоркь гъулбасараб ва мугьру чӏвараб.\nГьелдаса хадубги гӏарац бакӏари лъугӏулеб гьечӏони, тӏадехунисел идарабазде хитӏаб гьабизе ккола. Бегьула росдал, шагьаралъул, районалъул администрациялде, лъай кьеялъул муниципалияб управлениялде, полициялде, экономикаялда такъсирал гьариялде данде къеркьолеб отделалде, Лъай кьеялъул министерствоялде яги прокуратураялде гӏарза битӏизеги.\nГьеб гӏарзаялда рехсезе ккола №273 ФЗялъул хадусел статьяби: 4; 5; 35, п.1; 65,п.2; 101 ва 102. Гьелде тӏадеги, мугъчӏваялъе бегьула хӏалтӏизабизе РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ регионазде ритӏарал малъа-хъваялъул кагъталги: № ВК-2227/08 (2015 соналъул ичӏабилеб сентябралда) ва № 07-4736 (2019 соналъул 23 марталда). Гьел кагътазда бицунеб буго бюджеталдаса гӏарац кьолел жалазе гӏарац бакӏари законалде рекъон кколарин абун.\nЩибаб такъсиралъухъ — тамихӏ\nБюджеталъ харж гьабулеб жоялъухъ гӏарац бакӏари такъсир ккола. Гьелъухъ жаваб кьезе ккола — школалъ ва гьелъул администрациялъул вакилас.\nГӏарац бакӏареян буюрухъ кьурав лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулесе гьабула бадибчӏвай, кьола выговор яги РФялъул Захӏматалъул Кодексалъул 192 статьяялда рекъон, хӏалтӏудаса вахъула.\nЛъай кьеялъул идараялъул хӏакимзабазухъа, РФялъул Административияб Кодексалъул 5.57, 15.14 яги 19.7 статьябазда рекъон, бахъула гӏакӏа (20 азаргоялдаса 200 азаргоялде гӏунтӏун гъурущ). Гьабизе бегьула — гьеб букӏуна цӏакъ къанагӏат — РФялъул Уголовниябгун процессуалияб Кодексалъул 285, 286, 259 ва 290 статьябазде рекъонкколеб тамихӏги. Гьезда рекъон, гӏемераб гӏарац гӏакӏаде бахъула, нухмалъиялъул хъулухъалда хӏалтӏизе ихтияралдаса ва эркенлъиялдасацин махӏрум гьавула, амма гьелъие хӏажалъула кьучӏал хӏужабиги нугӏзалги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "chchugiil-nah", "url": "https://hakikat.info/?nationals=chchugiil-nah", "title": "Ччугӏил нах", "date": "2026-03-03 11:43:41", "categories": ["med"], "text": "Хасавюрт районалдаса Ахӏмадов Гӏалиасхӏабица цӏехолеб буго: «Телевизоралдаса бицунеб рагӏана Россиялъул гӏалимзабаз тӏалаб гьабулеб бугила ясли-ахазда ва школазда лъималазе ччугӏил нах кьезе кколин абун. Россиялъул лъималазе гӏоларого ругила беэнлъаби ва D витамин.\nСоветияб заманалда ччугӏил нах хӏалица гьекъезабулаан киналго лъималазда. Гьеб къагӏида цӏигьабизейищ бугеб? Чӏахӏиязе къваригӏунарищ ччугӏил нах?» — ан.\nГӏалиасхӏабил суалазе жаваб кьуна республикаялъул клиникияб больницаялъул тохтур Хӏажиабакаров Гӏумарица ва гьаб макъала хъвалаго пайда босана интернеталдасагун газет-журналаздаса щварал баяназдаса.\nСоветияб заманалда, сахлъиялъе пайдаябин абун, ясли-ахазда ва школазда лъималазда хӏалица гьекъезабулаан ччугӏил нах. Гьеб букӏана ччугӏил нахулъ букӏунеб Д витаминалъул кумекалдалъун лъималазул ракьа къачӏолъиялдалъун лъугьунеб унтуда (рахит) данде гьабулеб къеркьей.\nЧорокаб ралъдалъа ккураб ччугӏил нахул сахлъиялъе букӏунеб пайдаялдаса зарал цӏикӏкӏараб букӏунин абун, 1970 соналда гӏалимзабаз гьоркьоб къотӏизабун букӏана гьеб тадбир. 1997 соналда цӏидасан изну кьуна лъималазе ччугӏил нах кьезе, хӏал гьабун гуреб, жидеего бокьун.\nГӏалимзабаз чӏезабуна, ччугӏил нахулъ букӏунеб Омега-3 чорхолъ гӏоларого букӏиналъ, Россиялъул лъималазул 75 процент бугин рекӏел ва бидурихьазул, атеросклероз, чакрил, рак ва Альцгеймерил унтаби ругелилан.\nЧчугӏил нах ккола треска, скумбрия ва сельд ччугӏбузул тӏуладаса бахъулеб лъамияб тӏабигӏияб нигӏмат. Гьелъул пайда бараб букӏуна гьелда гъорлъ букӏунеб Д витаминалъул, Омегаялъул къадаралда. Ахириселъ квербакъула чорхолъ серотонин, ай «талихӏалъул гормон» лъугьинабиялъе, гьединлъидал ччугӏил нахалъ лъикӏлъизабула инсанасул хӏал ва психологияб аслу. Гьеб гуребги, Омега-3-ялъ квербакъула рекӏелгун бидурихьазул ва чакрил унтабаздаса цӏуниялъе. Нахуда гъорлъ рукӏунел глицеридаз кумек гьабула квен бихӏинабиялъе ва кьаралъи инабиялъе. Витаминаз лъикӏлъизабула расул, тӏомол, малъазул хӏал, масала, Д витамин чара гьечӏого къваригӏуна рукьби гӏеялъе ва къваригӏунеб кальций чорхолъ босиялъе.\nЯги ччугӏа кваназе ккола, яги — нах\nЧчугӏил нах босулеб бугони, чара гьечӏого балагьизе ккола этикеткаялда тӏад «Медицинский» абун хъван бугищали. «Рыбий жир» гуребги, «рыбный» жирги букӏуна. Тӏоцебеселъулъ гӏемер рукӏуна витаминал, кӏиабилелъулъ — Омега-3.\nЧчугӏил нах цӏунизе бегьула кӏиго соналъ.\nСордо-къоялда жаниб инсанасе къваригӏуна ччугӏил нахул цо чайдул гъуд. Гьеб хисула кьарияб ччугӏил 30 граммалъул кесекалъ.\nЛъагӏалида жаниб щивав чияс кваназе ккола ччугӏил 22 кило. Амма, ччугӏил багьа цӏикӏкӏиналъ, россиялъулаз кваналеб буго гьелдаса кӏиго нухалъ дагь. Масала, цо японияс лъагӏалида жаниб кваналеб буго 70-80 кило ччугӏил. Гьеб кколеб буго гӏумру халатал гӏадамал гьенир рукӏиналъе аслияб гӏиллаги.\nГӏалимзабаз абула ччугӏа кваналел чагӏазул цӏакъ къанагӏат гурони рекӏел ва гьуъразул унтаби рукӏунарин. Бокьараб ригьалда ва заманалда цӏех-рех гьабуниги, гьезул бидулъ холестеринги букӏунин низамалда.\nГьеб гуребги, ччугӏил нахулъ рукӏуна А ва D витаминал, гьединго рак унтиялда дандечӏолел батӏи-батӏиял жал. Омега-3-ялъ гӏатӏид гьарула бидурихьал, гьукъула бидулъ тромбал лъугьине, низамалде бачӏинабула бидул тӏадецуй, лъикӏлъизабула тӏомол, расул ва малъазул хӏал. Эркенал радикалаздаса черх цӏунула, беразул канлъи ва иммунитет цӏикӏкӏинабула А витаминалъ.\nНахулъ букӏунеб Омегаялъ лъикӏ хӏалтӏизабула гӏадалнах, цӏунула Альцгеймерил унтудаса ва цудунго херлъиялъул гӏаламатаздаса.\nАмерикаялъул гӏалимзабаз абулеб буго, ччугӏил нахуца кумек гьабулин гӏадалнахул жанисеб хӏалтӏи лъикӏлъиялъе ва ригь арал соназде вахинегӏан роцӏараб гӏакълу-пикру букӏинабиялъе.\nЧӏахӏиязе ччугӏил нахул пайда\nЧчугӏил нах пайдаяб букӏуна рекӏелгун бидурихьазул унтаби ругезе, канлъиялъул гӏунгутӏи бугезе, гӏемер унтулезе ва ракӏ гӏодобчӏван рукӏунезе. Гьелъ лъикӏлъизабула рищалабазул хӏал ва бигьалъи гьабула артроз унти бугезе. Ччугӏил нах тӏад бахун сахлъизабула бухӏараб ругъун ва бигъараб тӏом.\nДару гьекъолеб къагӏида\nСордо-къоялда жаниб гьекъезе ккола нахул 15 мл. Моцӏидаса цӏикӏкӏун заманалъ ччугӏил нах хӏалтӏизабизе бегьуларо. Бихьизабураб къадаралдаса ва заманалдаса цӏикӏкӏун гьеб хӏалтӏизабуни, хӏинкъи букӏуна би бети гӏодобе ккеялда.\nЧчугӏил нах дандекколаро ччугӏиде аллергия, бидулъ цӏикӏкӏун кальций бугезе, ургьисалабазда ганчӏал ругезе. Гьеб рекъовуда хӏалтӏизабизе ккола ургьисалабазул ва тӏулал унтаби ругез, херал чагӏаз ва керен хахулеб лъимер бугей эбелалъ. Ччугӏил нах хӏалтӏизабизе бегьуларо би бетуларел чагӏазги (гемофилия).\nГьайгьай, ччугӏил нах кколаро киналго унтаби сах гьарулеб дару. Гьеб дарулъунцин рикӏкӏунаро. Амма гьелъул къанагӏатаб тӏабигӏат-хасияталъ квербакъула гӏемерал унтаби сах гьариялъе ва черх щула гьабиялъе.\nНури Нуриев"}
{"slug": "vaczal-malachoval", "url": "https://hakikat.info/?nationals=vaczal-malachoval", "title": "Вацал Малачовал", "date": "2026-03-03 11:49:11", "categories": ["obshestvo", "pismo", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Бахӏарзаллъун гьаруларин, бахӏарзаллъун рахъунин тӏаде къоккедалин аби буго умумузул. Гьедин букӏин бихьулебги буго СВО байбихьаралдаса нахъе нилъер гӏолохъабаз жидерго бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьизабулеб букӏиналъ. Щибаб тӏокӏцӏаралдагун медалалда нахъа вуго жиндирго къиса-къисматгун, божилъи-хӏинкъигун инсан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго жакъасеб къоялъул бахӏарзаллъун кколел вацал Малачовазул — Гӏисал, Мусал ва Мухӏамадрасулил хӏакъалъулъ.\nГъоркьиса Гӏиса Малачов «Ахмат» спецназалде, «Джигит» абураб тӏокӏцӏаргун, ункъо моцӏалъе къотӏиги хъван ана рагъде. Рагъуе хӏадур гьавун хадув гьев витӏула Харьковалъул рахъалде, Апти Алаудиновасул нухмалъиялда гъоркь бугеб «Каштан» батальоналде. Аллагьасул кумекалдалъун сах-саламатго рокъовеги тӏадвуссана. Амма Гӏисал рекӏее хӏалхьи букӏинчӏо рагъул цебесеб кьерда тарал гьудул-гьалмагъзабиги ракӏалде щун. Яхӏго гьабизе кӏвечӏого, нахъеги ана рагъде. Гьаб нухалъ гьев ккола Курскиялде. Гьенив кӏицӏул лъукъула. Вегана Курск шагьаралъул госпиталалда. Цинги цӏидасан тӏадвуссана СВОялде. Гьоркьоб моцӏ иналде минаялде тӏадеги ккун, кӏиабизеги лъукъана. Госпиталалда вукӏаго бачӏана гьесухъе пашманаб хабар — рагъулаб тӏадкъай тӏубазабулаго гьитӏинав вац Муса хванин абураб. Жиндирго гӏумруялъе хӏинкъи букӏиналъухъ балагьичӏого, Мусаца анкьго гьалмагъ хвасар гьавуна, амма живго ворчӏичӏо рекӏкӏаб гуллидаса. Гьитӏинав вац хвей захӏмалъарав Гӏисал сах гьавиялъул болжал халатбахъана ва, къотӏи-къай рагӏалде щведал, рокъове тӏадвуссана. Нахъвуссун ине бажаричӏо, вац камиялъул гьиралъул бакӏлъиялъ.\nГьезул вац Мухӏамадрасул вуго 22 сон барав гӏолохъанчи. Лъимерлъудасанго инвалид вукӏиналъ, гьединазе хасгьабураб школа-интернаталда — Аксаялда цӏаларав гьев армиялде вачунев вукӏинчӏо. Амма жив цогидаздаса батӏияв гьечӏеблъи бихьизабизелъун Гӏисаца хъвана къотӏи-къай. «Цӏумадисев» абураб тӏокӏцӏаргун сапар бухьана Луганскиялде ва ругьунлъаби лъугӏун хадув витӏула Харьковалъул рахъалде. Цогидазе мисалияб куцалда рагъулаб хъулухъги тӏубан, захӏматаб лъукъа-къотӏи ккечӏого, сах-саламатго рокъове вачӏана.\nМусаги вукӏана рагъде арал вацазда гьоркьов бищун гьитӏинав, 2007 соналда гьавурав. Гьевги вукӏана лъимерлъудасанго инвалид ва Мухӏамадрасулго гӏадин цӏалана Аксаялда. Мухӏамадрасулго гӏадин, армиялде вачине инкар гьабурав чи ана гьев къотӏи-къайги хъван Ватӏаналъул гӏорхъаби цӏунизе рагъде. «Цӏум» абураб тӏокӏцӏаралда гъоркь хъвана гьесги къотӏи-къай. Луганск шагьаралда ругьунлъаби лъугӏарав гӏолилав витӏула Кучерово шагьаралъул Сумскиялъул рахъалде. Ноябралда минаялде тӏадеги ккун лъукъарав гьесул чорхолъа гӏарададул ичӏго кесек бахъана тохтурзабаз. Сах гьавидал, 10 декабралда тӏадвуссана рагъулаб часталде, амма Аллагьасул къадар гьукъун чӏолеб жо гурелъул, хадусеб къоялъго рагъулаб хъулухъ тӏубалаго, къоринире ккарал гьалмагъзаби хвасар гьарулаго, цӏидасан лъукъана. Анкьгоявги эркен гьавун, микьабилевги мугъзада лъун вачӏунаго, къадаралде щвана.\n— Гьитӏинго эменги гьечӏого хутӏарал яцгун ункъо вац хьихьана гьезул эбелалъгун кӏодоэбелалъ. Бигьа букӏинчӏо руччабазе инвалидал-лъимал ругеб рукъ цебе бачине. Амма гьел къуркьичӏо захӏмалъабазе — кӏудиязул адаб, гьитӏиназул хӏурмат бугеллъун, ккараб къо борхулеллъун гӏуна лъимал. Гьитӏинго къо бихьарав чи яхӏ-намус цӏунарав, божилъи гьабизе бегьулевлъун вукӏунин абиги бугелъул, гьединал гӏолохъаби ругин Малачовазул васалин абила дица. Гьезул бахӏарчилъи буго кӏудиял умумузул бахӏарчилъиги, жавабчилъигун кьвариги чорхолъ бесси, — ян бицана «Память гор» жамгӏияб гӏуцӏиялъул Хасавюрт шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулесул заместитель Ахӏмад Рамазановас.\nИнсул рахъалдасан гьезул кӏуди, Малач, вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, эбелалъул эмен — Афгъанистаналъул рагъул ветеран. Ватӏаналде рокьиги, тушманасде ццинги бидулъ бессун буго нилъер. Щибаб тӏокӏцӏаралда нахъа къисматги, щибаб шапакъаталда нахъа гӏумруялъе хӏинкъи цӏикӏкӏараб гьунарги буго нилъер гӏолохъабазул. Гьединазулгун харбида рукӏаго бичӏчӏула «нилъералго рехун толаро» абураб калам чӏобогояб ахӏи гуреб, гӏумрудул масаб букӏин.\nВатӏаналде къоккарал къояз кьолон чуялгун умумул рахъаралго гӏадин, жакъаги цебесеб кьерда тӏоцере рукӏуна нилъер гӏолохъаби. Гьединазул цоял ккола жакъа бицен гьабурал вацал, Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ яшав гьабун ругел Цӏумада районалъул Гъоркьхъварщиниса Гӏисагун Мухӏамадрасул ва, Ватӏаналъул тӏалаб тӏубалаго, абадиялъего берал къанщарав гьезул вац, рагъул бахӏарчи Муса.\nХадижат Залимханова"}
{"slug": "tushmanasda-gӏadin-dandchivana-vacz-giadin-tӏovitӏana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tushmanasda-gӏadin-dandchivana-vacz-giadin-tӏovitӏana", "title": "Тушманасда гӏадин дандчӏвана, вац гӏадин тӏовитӏана", "date": "2026-03-03 11:53:05", "categories": ["insan", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Цебе заманалда росабалъ къанагӏат гурони рукӏинчӏо унтаразе кумек гьабизе лъалел чагӏи. Хӏатта ца-гӏус унтидалцин, къебедасухъеги ун, чолгъецӏалъ бахъулаан унтараб ца. Амма, хасаб лъай гьечӏониги, камулароан Аллагьасго гьунар кьурал местӏерал, хасго рагъда санитараллъун хӏалтӏарал чагӏи. Мукъсанаб гурони лъай-махщел гьечӏел гьезул цо-цояз, гьабизе жо тӏагӏиналъ малъулаан бетӏер унтарасда, ботӏрода сверунжоги бан, гӏочӏоца къаян.\nТӏадехун бицунелъе нугӏлъун букӏине рехсела цо лъугьа-бахъин. Пуланаб росулъ ресалда вугев Ахӏмадица хур бекьизе вачуна Гӏумар. Хӏалтӏухъан кваназавизе кколаан къасиги. Кваназелъун маркӏачӏуда гьев щола Ахӏмадил рокъове. Гьений гьесда Ахӏмадил гӏолохъанай яс Ача ятула. Кваназе гӏодов чӏаравго, нуцӏаги рагьун, бахъун ханжаргун жаниве кӏанцӏун вачӏуна Ачал вац Хирач ва дир яцалъулгун рокьудайищ вугевиланги абун, гьел рагъизе ккола. Гӏумарица Хирачил килищ къотӏула ва гьесие рес ккола лъутизе. Ццидаца гьалаглъарав Хирачица, чохьолъ ханжарги къазабун, яц чӏарбида лъола. Ахӏи бахъун рачӏарал мадугьалзабаз, гьабизе жо тӏагӏун, лъукъаралда катан жемула. Хадув витӏун чигун, аскӏоб бугеб росулъа вачун вачӏуна япониязулгун букӏараб рагъда санитарлъун хӏалтӏарав Гӏиса. Ясалъул ахӏвал-хӏалалъухъги балагьун, гьес абула: «Жаназа чурулеб росоний цӏамул лълъелъ лъуни гурони, гьабизе кӏолеб жо гьечӏо», — ян. Гьедин гьабидал, захӏматго лъукъарай Ача, заманалдасан сахлъула.\nГӏадаталда рекъон, Хирачица, жиндасаго баккизабураб бидухъ, рецӏел босизе кколаан. Пуланаб къоялъ Хирач вачӏуна Гӏумарил колоде ва абула рецӏел босизе вачӏун вугилан. Босехаянги абун, гьес жиндирго килищ цебе ккола. Кьабун ханжаргун Хирачицаги гьеб къотӏун рехула. Чоде вахунаго Хирачица абула: «Гӏумар, къотӏараб килищ кӏващулъ лъе, хехго сахлъула», — ян.\nГьеб хӏалалда букӏараб халкъалъе кумекалъе Гьидалъе хӏалтӏизе витӏун вачӏарав гӏолохъанав тохтурасулги бицинин.\nДоб букӏана тӏабигӏаталъ хурдузул ва тӏугьдузул тӏанса ракьалда тӏибитӏараб июль моцӏалъул къо. Гьеб къоялъ Гӏурада участкаялъул больница бугеб Габдано абулеб бакӏалде ракӏарун рукӏана гьидерил гӏадамал. Гьелъие ккараб гӏиллаялъул бицунаго, больницаялъул бетӏерав тохтур Хирамухӏамадов Мухӏамадица абуна, жидеца нухда тӏовитӏулев вугила къиматав гьобол ва кӏудияв вац. Гьев кколила гьидерил ва районалъул сахлъи цӏуниялъе кьучӏ лъурав асатӏинав Бугулов Михаил Николаевич.\n1928 соналда Азербайжаналъул мединститутги лъугӏизабун вачӏана Бугулов Гьидалъе хӏалтӏизе. Дол соназда батӏи-батӏиял захӏматал унтаби тӏиритӏиялъ, холел рукӏана гӏемерал чагӏи, хасго лъимал. Гьединаб къварилъиялда ругел гьидерица, мугӏрузде кингӏаги ккаравилан гьесда гьикъидал, гьес бицунаан жив кколин Дербенталда гьавурав, Осетиялъул Бугуловка поселокалдаса бечедаб ва кӏудияб тухумалъул чийилан. «Инкъилабалъул бакӏаб михиралъ мерхьана нижер бечелъи ва тӏагӏинабуна тухум. Чӏвазе рес ккечӏеб мехалда, нижеца гьабилин дие гӏадлуйинги абун, дун гьаниве витӏана. Кӏиабилеб гӏилла — Тӏидиб росулъ гурони букӏинчӏо больница гьабизе рес бугеб кӏудияб мина», — ян.\nБольница гӏуцӏизе гьесухъе кьуна хӏукуматалъ пачаясул армиялъул полковник Хандиев Мухӏамадихъа бахъараб кӏитӏалаяб мина. Гьениб 12 унтарасе вегизе бакӏ бугеб больница гӏуцӏиялдасан байбихьана гьес хӏалтӏи. Хадуб, мадугьалихъ ругел росабалъа ралагьана гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе кумек гьабун бажарулел чагӏи. Гьезул кумекалдалъун гьабуна унтаразул мухӏканаб сияхӏ. Тӏоцебесеб заманалда гьес квераз ишараби гьарун бичӏчӏизабулаан унтаразда гӏемерисеб жо. Амма гӏемерисел гьесухъе рачӏунароан, капурчиясухъе ани хӏакъ букӏунинги абун.\nБугуловасул махщалие къимат кьезе рес ккана Гьентӏа росулъ ккараб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Хурзабазул гӏурхъи сабаблъун дагӏбаги ккун, Ибрагьим ва Будун цоцаца лъукъун ругилан хехаб ахӏухъе щварав тохтурасда, лъавудаса арал, захӏматго хӏухьел цӏалел гьезухъ балагьун ратана гӏадамал. «Гьазие тӏокӏаб нилъер кумек хӏажалъуларо, Аллагьас гьел жиндихъего ахӏизегӏан дугӏа-алхӏамалда рукӏин гуреб, гьабун бажарулеб жо гьечӏо», — янги абун, тохтур нахъе витӏулев вукӏана дибирас. Лъихъго гӏенеккичӏого, гӏолохъанав тохтурас лъукъаразухъ халгьабуна, гьел хвасар гьаризе кӏвеялде хьул бугинги абун, больницаялде рачана. 12 ругъун лъун батана Ибрагьимида ва анкьго ругъун — Будунида. Лъабго сордо-къоялъ кьижичӏого Бугуловас гӏолохъабазе гьаруна операциял, биччана би, хӏалтӏизаруна гӏемерал дараби ва даруял хурдул. Щуабилеб къоялъ унтараз берал рагьана ва загӏипаб гьаракьалъ тохтурасе баркала кьуна. 23-абилеб къоялъин абуни гьел рокъо-рокъореги ана…\nГӏумруялъул 85 сон барав унтарав Тӏидиса Ахӏмадие Бугуловас хъван буго рецепт. Лъелъе биччан, тӏад хъвараб жоги биинабун, гьелъул лъим гьекъедал, жив сахлъанилан бицунеб букӏун буго гьес.\nБугуловасул бицунаго, херал чагӏаз гӏемер ракӏалде щвезабулаан цо гӏажаибаб лъугьа-бахъин. Загьруяб борхьица хӏанчӏун букӏун буго Тӏидиса Гӏумарил квералда. Гьорон квергун вугев гьесде тӏаде щун вуго тохтур. Гӏурул рагӏалдеги вачун, гьес гӏурулъа ккун гьитӏинаб къверкъ лъун буго ругънада тӏад. Гьелда тӏад, лъелъа бакӏарун лъел чӏахӏги чӏван, ругъун бухьун буго. Кӏиабилеб къоялде квер сахлъун, къверкъ хун батун буго.\nГьесул махщалил хӏакъалъулъ хабар рагӏидал, сахлъи цӏуниялъул халкъияв комиссарас тахшагьаралде хӏалтӏизе ахӏун ана Бугулов. Кӏудияб пашманлъиялда тӏовитӏана гьидерица гьев нухда. Бихьулеб букӏана гьесиеги нахъе ине захӏмат букӏин. «Дандчӏвана тушманасда гӏадин, нухарегӏулев вуго вац гӏадин, баркала нужее», — ян абуна Бугуловас къо-лъикӏ гьабулаго…\nГьелдаса нахъе ана 33 сон. Цо-цо кагътаздасан лъалаан гьидерида Михаил Николаевичасул берал сах гьарулев гӏалимчи вахъун вукӏин. Рагӏана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде цӏализе лъугьунезул экзаменазул комиссиялъе председательлъи гьабизе ункъо соналъ тӏатӏалаго гьев Москваялдаса вачӏун вукӏинги.\nГьидерица Бугуловасулгун гьоркьоблъи хвезе толароан. Хъвалаан кагътал, ритӏулаан посылкаби, гьесие бищунго бокьулеб бакъвараб гьанги, цӏоросаролъул гӏатӏги, урбаги жаниб лъун. Цо-цо щолаан гьесухъе, мединституталъул ректорасухъе, Орджоникидзеялдеги.\n«Инсул беразе захӏматаб операция гьабизе кколеб букӏун, дун Орджоникидзеялде, Бугуловасул клиникаялде ана, — ян бицана Гӏурадаса Сулейман Мухӏамадовас. — Вацасда гӏадин дандчӏвай гьабуна гьес, эмен гостиницаялда вугин бициндал семана, хадуб машинаги битӏун, больницаялда лъуна. Гьесие цӏакъ бокьулаан эменгун магӏарул мацӏалъ кӏалъазе. Бищунго дун хӏикмалъизабураб жо ккана, хӏакъикъияв магӏаруласул гӏадаб гьесул ретӏа-къай: хурумалъул чакмаял, галифе-тӏажу, гужгат, бухари-тӏагъур».\n1964 соналъул маялъул ахиралда Гӏурада росдал участковияб больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Хирамухӏамадовасухъе бачӏана телеграмма. Бугуловас гьелда хъван букӏана анкьабилеб июналда жинца къабул гьаризе ругин берал унтарал, хӏадурлъи гьабеян абун.\nХӏебде щвезегӏан, гьесда дандчӏвай гьабизе ана гьидерил гӏадамазул къокъа. Цинги, Тӏидиб росу бихьулеб бакӏалде щведал, гьес машина чӏезабуна. «Дир гӏемерисел гьалбал ва гьудулзаби хабалалъ рукъун руго, гьезда аскӏове дун машинаялдаги рекӏун ине бегьуларо», — янги абун, кӏиго километралъул манзилалъ лъелго ана гьев. Росулъе щолаго, киса-кирего бералги щвезарун, абуна: «Дун гьанив хӏалтӏулеб мехалда цо чиясул гурони ах букӏинчӏо, гьанже тӏубараб росуго ахалде сверун буго. Хӏалчӏахъадал, кигӏан берцинаб росуха гьабун бугеб», — ан.\nГьесие бокьана жиндирго больницаялде щвезеги. Гьениве щолаго хисана гьесул хӏатӏазул росиги, гьурмал разилъиги, хӏатта гьаракьгицин. Гьев гӏолохъанлъун гӏадин лъугьанин кколеб букӏана. Гидас гӏадин биджунеб букӏана гьес «гьаб рокъоб букӏана дир аптека, гьаниб унтарал регулеб палата, гьанир къабул гьарулаан унтарал, аскӏоб букӏана склад» абун. Азбаралъуре щварабго: «Гьаб магӏида бухьун букӏунаан дир хехаб юргъа-чу», — янги абун, велъана гьев.\nЦо гӏодобчӏеялда лълъар борхулаго, гьес абуна: «Изну кье дие гьаб стаканалда жаниб бугеб гӏаркъил бащалъи ракьалде тӏезе ва ракьулъ лъун ругел рагъда хваралги, херлъун арал дир гьалбалги, гьудулзабиги ракӏалде щвезарун, гьезул хӏурматалда, тӏаде рахъун, гьекъезе», — ян. Гьидерил жамагӏаталъул хӏакъалъулъ гӏемерал берцинал рагӏаби абуна гьес ва тӏадеги жубана: «Цо бадибчӏвайги бугебха дир нужее гьабизе. Гьаниве вачӏунаго, дида ккун букӏана гьидерил гӏадамал ратилин лъиданиги релълъинчӏеб добго гӏамал-хасияталда, яшавалда, тӏабигӏаталда дандекколеб берцинаб ратӏлил формагун. Гьеб нужеца хисун буго, гьанже нуж киназдаго релълъун руго», — ян.\nПрофессор М. Н. Бугулов вукӏана Северияб Кавказалдаго цӏар рагӏарав беразул тохтур. Гьес гӏелмуялда кӏудияб бутӏа лъун букӏиналъе нугӏлъи гьабула гьадинаб мисалалъ: дунялалда тӏад тӏоцебе гьесухъа бажарана катарактаялъе операция гьабулаго ясбер гургинго цӏунизе. Гьединаб къагӏида гьес ургъизегӏан, операциялдаса хадуб ясбер хъвалисун унаан.\nГьеле гьединав инсанасул цӏар лъун буго гьес кьучӏ лъураб Гьидалъ участковияб больницаялда ва, кигӏан заман аниги, гьидерида киданиги кӏоченаро Михаил Николаевич Бугулов.\nНури Нуриев"}
{"slug": "grafinya-pahrudinova", "url": "https://hakikat.info/?nationals=grafinya-pahrudinova", "title": "Графиня Пахрудинова", "date": "2026-03-06 14:15:54", "categories": ["insan"], "text": "Жамиля Пахрудинова гьаюна Махӏачхъалаялда. Гьей йиго пагьмуяй шагӏир, хъвадарухъан ва таржамачӏужу.\nЦин сайгъат гьабуна, цинги бичун босана\nШагьаралда гӏурай йигониги, Жамиляда кутакалда лъикӏ лъала магӏарул мацӏ. Жиндирго асаралги гьелъ хъвала магӏарул ва гӏурус мацӏазда. Школалда малъичӏеб, сверухъги рагӏулареб мацӏ кин дуда лъарабан гьикъидал, гьадин бицана гьелъ: «Нижер рокъоб батӏияб мацӏ бицунароан киданиги. Гьелде тӏадеги, эбел-эмен рукӏана магӏарул адабият хириял, доб заманалда басмаялде бахъараб щибаб магӏарул тӏехьги цӏалулел, газеталгун журналалги хъвалел гӏадамал. Почтальоналъ «Багӏараб байрахъ» бачӏинегӏан (доб заманалда гьеб бачӏунаан щибаб къоялъ) яхӏ гьабизе кӏоларого, гӏарацги кьун, гьитӏинай дун йитӏулаан инсуца киоскалдаса гьеб босизе», – ян.\nРокъобе бачӏараб щибаб магӏарул газета, журнал, босараб цӏияб тӏехь – кинабго рагӏизабун цӏалулеб букӏун буго Пахрудиновазул хъизамалда. Гьедин лъан буго Жамиляда магӏарул мацӏалда хъвадаризеги цӏализеги. «Нижер букӏана цо азбаралда хӏебтӏараб кӏиго мина. Гьобол камураб къо букӏунароан. Жидерго къваригӏелалъ магӏарухъа рачӏарал гӏадамал, инсулги эбелалъулги росуцоял анкьазги рукӏунаан нижехъ. Нижер каву киданиги рахалароан. Рукъалъул кӏул букӏунеб бакӏги киназдаго лъалаан. Ниж рокъор гьечӏониги, рачӏунел-унел рукӏунаан гьалбал. Гьезиеги цӏалулаан инсуца магӏарул тӏахьалги, газетаздаса ва журналаздаса макъалабиги. Цо нухалда ккана гьадинаб лъугьа-бахъинги.\nДица, тукада бичулебги батун, инсуе босана Мухӏамад-Сагӏид Сагӏидовас хӏадурараб «Авар кицаби ва абиял» абураб тӏехь. Тӏаде вачӏаравщинав чиясе цӏалулаан инсуца гьеб. Гьев больницаялде ккана. Цадахъ босана гьес кицабазул тӏехьги. Гьенивги вукӏун вугоха цӏалулев. Больницаялдаса унев цо гьалмагъас инсуда абун буго: «Гӏумар, цо дир гьари тӏубаларищ?» – ан. Гьайгьай, тӏубалин жаваб кьун буго гьасги. Гьеб тӏехь жиндие сайгъат гьабиларищан гьалмагъас абидал, чарахун лъугьун вуго эмен. Мурад тӏубалинги абун, кьечӏого кин телеб? Тӏехьги кьун, кин вукӏинев? «Дидани ракӏалде ккун букӏана, магӏарухъе ине гӏарац гьарилебин гьес. Амма дихъа гьарана дие бищун къиматаб хазина!» – ян бицана хадубккун инсуца. Маянги абун, кьун буго тӏехь. Вохарав гьалмагъас къайи бакӏарулебгӏан заманалъ инсуда ракӏалде ккун буго досухъа тӏехь бичун босизе!\nКисиниве ваккидал, батун буго 30 гъурущ. «Ле, гьанже дуца тӏубазе ккола дир гьари! Ма дуего 30 гъурущги, биче дие гьеб тӏехь!» – ан абун буго инсуца. Гьелъухъ 30 гъурущ кьолеб батани, бичилаха дица дуе гьебанги абун, инсухъе тӏехь тӏадбуссинабун буго гьалмагъас. Гьелдаса вохун вукӏарав куцха дир эмен!» – ан бицана Ж. Пахрудиновалъ.\nГӏемер цӏалун, бакӏ-бакӏалдаса рилъ-рилъун ун, тӏеренлъун тӏанчалгун букӏана кицабазул тӏехь. Гӏумарица гьеб къачӏалаан, хъалиян кьурулеб кагъатги седон. Гьеб хутӏана хъизамалъулго къиматаб хазиналъун ва жакъаги цӏунун буго Жамиляца. Цевего къадаралде щвана гьелъул эмен. Гӏемерал соназ хъулухъ гьабун хьихьана гьелъ бусада хутӏарай эбелги. Цо дагьал соназ цее Ж. Пахрудинова ахӏун йикӏана гьалмагъзабигун дандчӏвазе. Тахшагьаралъул аслияб майданалдехун унаго, гьенир ричулел тӏахьазда рукӏунаан гьелъул берал кидаго: басриял томазда гьоркьоб чанги батана гьелда къанагӏатаб тӏехь. Гьелго тӏахьазухъги балагьулаго, дандчӏваялде уней йикӏарай гьалда бихьана доб кицабазул тӏехь. Рокъоб цӏунун бугелдаса гӏемерго цӏияб бугоан гьеб. Гьебги кодобе босун, аскӏоб букӏараб хьонбакӏида кӏусана Жамиля. Инсуца тӏехь цӏалулеб лахӏзат цебетӏамуна. Берал магӏил цӏуна. Чвахулаго гаралгун, инсуцаго гӏадин, добго шавкъгун, халкъалъул мацӏалъул бечелъиялдаги берцинлъиялдаги гӏащикълъун, байбихьана гьелъ кицаби цӏализе. Ва сагӏаталдасаги цӏикӏкӏараб заманалъ кватӏана дандчӏваялде.\nПасихӏаб каламги камилаб пикруги\nЖамиляца гьитӏинго байбихьана кучӏдул хъвазе. Гьел рукӏана заманалда рекъарал, коммунист партиялъеги гьелъул ишазеги рецц-бакъ гьабулел, талихӏаб лъимерлъиялъулги улкаялъ гьабулеб тӏалаб-агъазалъулги хӏакъалъулъ бицунел. Цо нухалда гьелда телевизоралдаса бицунеб рагӏана мискинчагӏазда ракъи кӏоченабизе Америкаялда цӏияб къагӏида ургъун бугилан абун. Телевизоралдаса пакъиразда бихьизабулеб букӏун буго кополаб передача, релъанхъизеги гьарун, ракъи кӏоченабиялъул мурадалда. Гьелъул хӏакъалъулъ сатирияб кечӏ хъвана гьелъ ва битӏана «Крокодил» абураб журналалде. Кӏудияб гӏелалда ракӏалда батила гьеб журнал – улкаялдаго ккарал гъалатӏалги рекъечӏел ишалги какулеб басма. «Цо къоялъ дун ахӏана школалъул директорасухъе. Дун цӏалулей йикӏана №34 школалда. Щибдай дихъа борчӏараб гъалатӏан пикрабалъ йикӏана дун. Школалъул комсомолалъул нухмалъулей йикӏиндалха. Щвана кабинеталде. Гьенив ватана логода ворхатав, къамартӏав цо чи. «Здравствуйте, графиня!» – ян абуна гьес дида гӏурус мацӏалда. Гьев вукӏун вуго Гӏумархӏажи Шахтаманов. «Крокодилалда» дир кечӏги цӏалун, дун ялагьизе вачӏарав вукӏун вуго гьев. Гьес дун ахӏана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалде, Расул Хӏамзатовасеги цӏакъ бокьун бугила мун йихьизеянги абун», – ан ракӏалде щвезабуна Ж. Пахрудиновалъ.\nГьедин ккана гьитӏинай магӏарулалъулги авар адабияталъул классиказулги лъай-хъвай. Союзалде щведал, гьенир ратарал шагӏирзабигун накъиталда йикӏаго, жаниве лъугьун вачӏана Расул Хӏамзатов. Гьесие салам кьезе тӏаде рахъун руго киналго. Расулица цин Пахрудиновалъул квер бачун буго, нуж гӏемер руго, цин чӏужугӏаданалъул адаб гьабилинги абун. Гьедин ккараб лъай-хъвай сверана кӏудияб гьудуллъиялде. «Хӏажиявги гьесул хъизан Чакарги рачӏунаан дихъе, йилълъа Расулихъеян абун. Чанги хьвадана гьезухъе рокъое. Ккана чанги кополал лъугьа-бахъиналги. Цо нухалда – гьеб букӏана Расул унтараб заман – шагӏирас дида гьикъана, дуе жив вокьулищан абун. Хӏажиявги Чакарги рихха-хочана, гӏантаб суал кьолеб бугоян ракӏалдеги ккун. Расги йиххичӏого, дица гьесда абуна: «Дунял-гӏаламалъего вокьизе бегьулев мун, дие щай бегьулареб? Валлагьги вокьулаха», – ян. Кутакалда гӏаданлъи бугев чи вукӏана мунагьал чурад», – ан бицана Жамиляца.\nЛитинституталъул бакӏалда — юридикияб факультет\nШкола лъугӏилелде, Жамилял художествиял асаразул нахърател цӏакъ бечелъана: районалъулги, республикаялъулги, тӏолгосоюзалъулги газетаздагун журналазда рахъарал асарал ракӏарун рукӏана гьелъ. Гьелъул хьул букӏана Максим Горькиясул цӏаралда бугеб Москваялъул Литературияб институталда цӏализе лъугьине. Амма гьелъул анищ тӏубачӏо. Жамиля цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталде. Гьедин дун яхъана судьялъун», – ин ракӏалде щвезабуна Жамиляца.\nЛъугӏана ДГУ. Цӏалулеб заманалдаги хъвадарулаан Ж. Пахрудинова. Диплом кодобе щведал, гьей ана «Багӏараб байрахъалъул» редакциялде. Редактор Гӏали Камалов кутакалда вохана, хӏалтӏизе бакӏилан Жамиля ячӏиндал. Щибаб кабинеталдеги ячун, мухбирзабазулгун лъай-хъвай гьабуна. Метерго хӏалтӏуде ячӏаянги лъазабуна. Ахирисеб кабинеталда ватана Жамиляда цевего лъалев мухбир. «Рукъ тӏубазе рес кьолеб махщелги кодоб букӏаго, дуе мухбирлъи щай? Кий хӏалтӏулей йигониги, макъалаби, художествиял асарал хъвазе рес буго дур. Цин рукъалъул тӏалаб гьабизе рес кьолеб пиша гьабе», – ян хабар бицана гьес. Жамиляги мукӏурлъана ва журналистикаялде квер хьвагӏун тана.\n22 соналъ судьялъун\nТахшагьаралъул Советский районалъул судьялъун хӏалтӏана Жамиля 22 соналъ. Кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна гьелъ яхӏ-намусалда куцарал ва къадруяб цӏар цӏунарал ритӏухъал судиязул кьеразулъе ккей. Гьединал рукӏана араб гӏасруялъул судьяби. Гьезда гьоркьов киназего мисаллъун вукӏана Багъужа Гӏонжолов. Гьесул малъа-хъваял дие гӏумруялъго дарсаллъун хутӏана», – ян бицана Ж. Пахрудиновалъ.\nКӏудияб адабгун рехсана гьелъ гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏарал Шамай Хӏажиева, Патӏимат Махӏатӏилова, Гунащ Набиев ва сулейман Сулейманов.\nБицана гьелъ судиялъул гӏумруялда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъги. «Дие бокьулаан дирго хӏалтӏи. Гьениб рес щолаан гӏадамазе кумек гьабизе. Масала, цӏакъго цӏикӏкӏараб болжалалъул туснахъ тӏаса бищичӏого тезе. Хӏукму гьабулаго, такъсирчиясул хӏалалъухъ халгьабулаан дица. Цояс бикъула, вакъуца хунгутӏизе, цогидас – бугеб жоялъ гӏорцӏунгутӏиялъ. Мискин-пакъирасда ракӏ гурхӏулаан дир кидаго. Ракӏбацӏцӏадго хӏукму къотӏизе хӏаракат гьабулаан. Гьединлъидал батила, шагьаралдасан унаго, цояз машина чӏезабула къваригӏаралъуе дун щвезайизе, цогидал сайгъаталгун рачӏуна. Пуланаб соналъ жидее ритӏухъаб хӏукму гьабиялъухъан абун, баркала кьола», – ян бицана Жамиляца.\nЖакъаги, мустахӏикъаб хӏалхьиялда йигониги, гӏадада заманги чӏваларо – батӏи-батӏияб юридикияб кумек гьабула гӏадамазе Жамиля Пахрудиновалъ. Гьанже рес щвана тӏубанго художествиял асаразде юссине. Адабият бокьулел магӏарулазда гьоркьой гьей машгьурлъана пагьмуяй шагӏирги, хъвадарухъанги, таржамачӏужуги хӏисабалда.\nДиеги цӏакъ рокьула гьелъул кучӏдулги харбалгун къисабиги. Хӏакъикъияб лъугьа-бахъиналъул кьучӏалда хъварал руго гьелъул гӏемерисел хабариял асарал. Хъизамалъул, гьудулзабазул, цоцазде рокьи ккарал гӏолилазул къисмат буго гьел асаразул аслияб темаги. Масала, «Бекьичӏого хутӏараб хур». Цоцазе кутакалда рокьарал Муслимилги Зарипатилги къисмат бигъиналъе сабаблъун ккараб хур ахирги бекьичӏого хутӏула. Бекьичӏеб хуралъул гӏадаб пашманаб буго кӏиязулго гӏумруги. Чӏахӏиязул чӏанда-дагӏба ккана гьелъие гӏиллалъун.\nЭбел рехун тарай ясги, яс ячӏиналъухъ даим балагьун хутӏарай, гьелде бугеб урхъи буссинчӏого, абадияб рокъое къокъарай эбелги – гьеле цоги хабаралъул тема. Гьебги буго жакъа къоялда цӏакъ бегӏераб масъала. Рукӏа-рахъиналъул цо хӏужаги рехсон, гьелъул кьучӏалда Жамиляца гӏуцӏула гъваридаб магӏнаги кӏварги бугеб хабар. Гьеб бицуна цӏалдолесул рекӏелъе бортуледухъ, пасихӏаб, бечедаб, бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "rokigi-talihigi-gurhiel-rahimugi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=rokigi-talihigi-gurhiel-rahimugi", "title": "Рокьиги, талихӏги, гурхӏел-рахӏмуги", "date": "2026-03-08 16:46:27", "categories": ["insan", "obshestvo"], "text": "Кӏиго конфеталъул тӏадегӏанаб багьа\nИнтернаталдаса цӏалараб автор лъалареб гьаб хабаралъ дие гьабун тараб асар, кантӏизаюн тараб куц! Цин къокъго ракӏалдещвезабулеб буго гьелъул хӏасил:\nМаршруткаялда рекӏун ругел гьитӏинав васги гьесул эбелги. Эбелалъул гьеб къоялъ ццин бахъун букӏуна. Кигӏан вас хӏеренго кӏалъаниги, гьей гьесде хичулей йикӏуна. Амма эбелалъул хӏал бичӏчӏарав васас хӏаракат бахъулеб букӏуна гьей гьимизайизе, кӏалъазайизе. Гьелъул гӏаксалда, дагьайги хъачӏго ахӏдола эбел васасде, жиндие мун вихьизецин къваригӏун гьечӏилан, тӏагӏа цевесайилан. Вас гӏодове виччана ва пикрабазулъе жувана. Щибдай ботӏролъе бачӏунеб букӏана гьев гьитӏинав инсанасда, дунялалда бищунго гӏагарай гӏаданалъ тӏагӏайилан ахӏидал…\nМаршруткаялда рекӏун вукӏарав цо гӏолилас васасе кьола кӏиго конфета. Васас гьел квинчӏо. Гьес хӏалбихьана эбел рекъезайизе. Бигьагьабун васас (гьесда Ахӏмадилан телин цӏарги) эбелалъухъе, цин цо, цинги цогидабги конфета бегьана, амма эбелалъ инкар гьабуна. Ахӏмадица цоги нухалда хӏалбихьана – гьес конфетал эбелалъул накалда лъуна. Эбелалъул кверги щула гьабун ккун букӏана. Гьесие бокьун букӏана гьей гьимизе, жинца кьурал конфетал росизе. Гӏемераб мехалда сихӏкъотӏун чӏун йикӏарай эбел заманалдасан йигьа-йичун ячӏана – гьелъ Ахӏмадида къвал бана. Гьесул берал кунчӏун рачӏараб куц! Вохиялъул кутакалъ, Ахӏмадица, тӏаса хъалги бахъун, эбелалъул кӏалдир жинцаго лъуна конфетал. Цоцазда къвалалги ран, гӏодор чӏун рукӏана эбелги васги…\nХабаралъул щибаб рагӏи магӏлъун къалеб букӏана дир рекӏел тӏинда, гьелъ борлъ-борлъун балеб букӏана тӏолабго ургьимес.\nУнго-унголъунги Ахӏмадица чӏахӏиязеги гӏисиназеги кьун тараб дарс. Эбел ахӏдараб мехалда, гьесул рес букӏана барщун чӏезе, жиндие мунги йокьуларилан гьелде ахӏдезе, эхе-эхеде кӏанцӏезе. Аслияб къагӏидаялда гьедин гурищха гӏисинлъималаз гьабулеб, улбул ахӏдараб мехалда.\nАмма дир беразда цебечӏун букӏана тӏубанго батӏияб сипат-сурат — берцинлъиялъ угьараб, лъикӏлъиялъ бессараб, талихӏалъул расеназ хьухьараб, гӏажаибаб гӏумруялда бекӏкӏараб гӏажаибго гьайбатаб накъищ. Гьеле гьединаб букӏана ва буго гьитӏинав Ахӏмадил гӏумруялъул дарс.\n«Гьитӏинав Сайгидил\nкьурдул «балъголъи»\nГьеб хабар цӏалидал, дида ракӏалде щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги.\nГьитӏинав Сайгидил букӏана кӏиго сон. Гьесул «кутакаб» махщелги букӏана кьурдизе. Зама-заманалдасан, бабаца къали бухун, дадаца пиштӏул наку бачун, вацал-яцаз хъат кьабун, «концерт» кьолаан Сайгидица. Дида гӏемер ракӏалде щола гьеб лъугьа-бахъин гьанжеги, кӏудияв гӏурав Сайгид вихьидал.\nЦо къоялъ мехтун рокъове вачӏарав Сайгидил дада, рокъор ругезе питна бухъизе жувана. Инсул ахӏухъе макьидаса вигьарав гьитӏич, щибго ахӏвал-хӏал бичӏчӏилалдего, кӏанцӏун тӏадеги вахъун, кьурдизе лъугьана. Гьев кьурдулеб мехалда, киналго рохизе кколел рукӏиндалха. Бичӏчӏичӏо гьеб къоялъ лъиданиги Сайгидил кьурдул аслияб магӏна. Ахӏи-хӏуралда ругел эбел-инсуе ургъелго ккечӏо васас питна лъугӏизелъун гьабулеб бугеб кьурдул. Сайгидица кьурди гьоркьоса къотӏизе течӏо, гьев кьурдана, гӏодилагоги, инсуца живго кодове вачинегӏан. Кватӏун кантӏарай эбелги, гьевги каранде къан, гӏодизе жуяна.\nГьебги букӏана гьитӏинав Сайгидица кӏудиязе кьураб жиндирго дарс. Гьелдаса хадур ццин бахъанщинахъе гьесул эбел-инсуца цоцазда абулаан Сайгидил кьурдуца бахъулеб унти бугин гьебилан, дагьаб бугонигицин, дагӏбаялде иш кколеб мехалда.\nЦӏалдохъабаз дие\nкьураб дарс\nЦо пуланаб къоялъ школалде дарсал кьезе арай дун, лъималаз рокъобе кьун букӏараб кечӏ лъазабун батичӏеб мехалда, цӏакъго ахӏдон ятила. Дидагоги бичӏчӏулеб букӏана мекъи йигеблъи, букӏаниги ахӏдонго ахӏдон толей йикӏана. Гьез бицунелъухъги гӏенеккизе бокьун букӏинчӏо. Цо кӏудияб гӏайиб лъималазда гьечӏониги, гьезда тӏад босараб «бергьенлъиялдаса» ракӏ регьунги йикӏана дун.\nАмма гьебсагӏаталдаго магӏарул мацӏ хӏалил мадаралъ гурони лъаларев васас абуна жинца цо хабар ургъун бугила, хӏасил бицине бегьиларищин. Гьелде дандеги, вахъахайилан абун, согӏаб жаваб гьабуна дица. Цинги бицун танаха жидер йигей лъикӏай учительницайила, гьелъул хӏеренлъийила абун. Зодилкьерал чӏахӏиял гьелъул берал кидаго гьимулел рукӏунила, жидее бищунго йокьизеги гьей йокьулила. Дунги ургъулей йикӏана, щийдай гьейилан. Хабаралъул ахиралда гьев дида аскӏове вачӏана ва хъатикь ккун букӏараб кагътил гьабураб тӏегь хӏинкъадго бегьун бачӏана дихъе. Дун гьалгъан хутӏана. Цӏолбол гарал гӏадал гургинал гьесул беразда магӏу бетана. Дун цӏоро-гъорона. Ниж кӏиязулго ахӏвал-хӏал бичӏчӏарал цӏалдохъабаз хъатчӏвана ва, дица гьесул бадисан гирун рачӏунел магӏил гарал ракьалде рортизе риччачӏого, дирго квераз кколел рукӏана. Гьеб букӏараб бухӏараб магӏу. Гьеб лахӏзаталъ дие бокьун букӏинчӏо дирго магӏу лъималазда бихьизе, дур-дурун кӏетӏолеб бугеб рекӏел хӏал гьезда бичӏчӏизе. Амма дир ракӏ хӏеккана. Гьес бищунго цӏакъайилан, тӏокӏайилан абидал гуребха. Лъималазул гӏайиб бацӏцӏине цеберагӏилъун рачӏарал рухӏарал магӏил гаразул цӏики бихьидал.\nЦинги — рекъел, релъи, рохел. Ва нижеца къотӏи гьабуна, цоцазда ццин бахъанщинахъе, гьеб нахъбуссинабизе, киназго цадахъ хъатчӏвазе. Гьеле гьединаб лъикӏлъиялъул цӏураб дарс кьуна гьеб къоялъ дие цӏалдохъабаз. Гьеб букӏана дир чанго дарсил багьаяб цо дарс. Дицаго диего гьаги бана, цӏалдохъабазда тӏад росарал магӏна гьечӏел «бергьенлъабаздаса» йохунгутӏизе. Ва цӏалдохъабазе дицаго ургъарал «Лъикӏлъиялъул ва Талихӏалъул дарсазде» тӏаде жубана цоги цӏияб пунктги. Гьелда цӏарги тана «Цӏалдохъабазул дарсал», — илан.\nЧанги лъикӏалде кантӏизарула нилъ\nлъималаз\nНилъеразгоги чияразги. Амма киналъулго гуроха нилъеда магӏна бичӏчӏулеб.\nБарщаригицин берцинаб букӏуна лъималазул. Гьезда лъала хехго рекъезеги, бажарула цоцазда тӏаса лъугьинеги, барщарал рекъезе гьез рицунел гьуинал гьерсалги.\nГьезухъа къарзалъгӏаги щай босулареб чӏахӏияз рекӏел бацӏцӏалъиги хӏалимлъиги. Лъималазул буго жидерго бацӏцӏадаб дуниял, нилъ, чӏахӏиял, гьелда квалквадизегӏан. Нилъ жанире лъугьарабго, гьеб дунялалъул бакӏ-бакӏазда хӏапара базе лъугьуна. Аллагьас цӏунагиха цинги, нагагь гьеб хӏапароялъ лъимадул рекӏелъе нух бахъани.\nЯхӏ-намусалъул цӏадирабазда лъуни…\nЦо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго.\nМаршруткаялда рекӏун ячӏуней йикӏана. Хӏалтӏул ахиралда, бакъанил гӏужалда, рахъун чӏун рукӏинеги, рахуна гӏадамал. Киналго рокъоре гӏедегӏун рукӏуна хӏалтӏудаса хадур. Кӏиго бакӏаб сумкаги кодоб ккун, ригь арай гӏаданги лъугьун ячӏана жание. Гьей жание лъугьиналда цадахъ цо гӏолохъанай эбелалъ лъазабуна шоферасда жинца лъимадухъги гӏарац кьезе бугилан абун. Амма хералъул берал эбелалда аскӏов гӏодов чӏун вугев васасда рукӏана. Цогидазул санагӏалъи букӏинчӏо цӏун бугеб маршруткаялда тӏаде рахъине. Вас чанго нухалда гьесана тӏаде вахъине. Амма эбелалъ тунка-гӏусун гӏодов чӏезавулев вукӏана. Цинги васас киназдаго рагӏизабун абуна жиндир бабал хӏетӏе унтун бугила, гьелъие гӏоло жив тӏаде вахъине санагӏалъи гьабейила. Вас нахъехун вуссана ва гьенив гӏодов чӏун вукӏарав гӏолохъанчиясда абуна, кодовги ккун, жив нахъе вачейилан абун. Васасул санагӏалъи букӏинчӏо, живго къватӏиве вачӏине.\nТӏаде вахъана гӏолохъанчи. Амма херай гӏодой чӏечӏо. Бакӏал сумкабиги кодор кковухъе, гьей рикӏкӏаде ялагьун хутӏун йикӏана. Гъов гӏолохъанчи гӏодов чӏун вукӏараб скамейкаялдеги вахун, вас къватӏиве кӏанцӏана ва хералъе гӏодой чӏезе бакӏ гьабуна. Херай гьимана, васасул кӏаркьада убач гьабуна ва, угьун хӏухьелги биччан, гӏодой кӏусана.\nНечарай эбел, васги вачун, заман щвелалдего, къватӏие яхъун ана. Шоферас эбелалъ кьолеб букӏараб гӏарацги босичӏо. Гьес гӏодове виччан абуна:\n— Гьединав вас куцарай духъа жиндица гӏарац босуларилан.\nЭбел дагьайги нечана…\nГьенибги дие щвана кӏигогӏаги дарс: цояб — гьитӏинав васас кьураб, цогидаб – шоферас кьураб.\nКиналъулха къуват бугеб: квешлъиялде данде гьабураб квешлъиялъулищ, ахӏдеялде данде гьабураб ахӏдеялъулищ, яги, гьелъул гӏаксалда, квешлъиялде данде гьабураб лъикӏлъиялъулищ, ахӏдеялде данде гьабураб гьимиялъулищ!?\nЯхӏ-намусалъул цӏадирабазда лъуни, кинабдай бакӏаб бугеб!?\nКъвалал рани…\nБокьун буго цӏар лъаларев авторас жиндирго хабаралъул ахиралда лъурал гӏумруялъул дарсал цоги нухалда, хӏурматиял цӏалдолел, нужееги такрар гьаризе:\nЭбел-инсуда къвалал рарал лахӏзатаз нилъер ракӏазулъ рещтӏуна сабру.\nНилъее рокьулездаги нилъ рокьулездаги къвалал райдал, нилъехъе жибго бачӏуна талихӏ.\nЛъималазда къвалал райдал, нилъер черхалда ханлъи гьабула лъикӏлъиялъ.\nГьудулзабазда къвалал рани, нилъехъе бачӏуна рекӏел бацӏцӏалъи.\nГӏумруялда къвалал рани, нилъехъе бачӏуна гӏакъиллъи.\nТалихӏалъул нухаздасан\nРикье цогидазе нужерго талихӏалъул кескал. Гьел рикьанагӏан, гӏемерлъула талихӏ.\nХӏурматиял цӏалдолел!\nЩайдай дуниял гьадигӏанго берцинаб бугеб? Сундулъ бугеб гьелъул аслияб берцинлъи. Нилъеца цоцазе кьолел гӏумруялъул дарсазулъ.\nМакъалаялъул ахиралдаги абизе бокьун буго нилъер хвасарлъи согӏлъиялде, хъачӏлъиялде данде гьабураб лъикӏлъиялъулъ ва хӏеренлъиялъулъ бугилан.\nШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "hvalil-chapar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hvalil-chapar", "title": "Хвалил чапар", "date": "2026-03-10 12:24:50", "categories": ["insan", "kkara-tar", "kultur", "magiarul-asaral"], "text": "…Цӏакъго хирияб ва чӏухӏараб машинаялдаги рекӏун, магӏарухъе жиндирго росулъе тира-сверизе вачӏунев вукӏана богӏоца цулъарав, цеве чи вихьуларев пахруяв хӏаким. Гьесдаго цадахъ машинаялда жанир рукӏана шагьаралъул бетӏер цӏунулезул кӏигоявги. Шоферги нахъе вахъинавун, гьесул бакӏалда рулалда нахъа гӏодов чӏун вукӏана живго пахруяв хӏаким. Гьесие цӏакъ бокьулаан машинаялъул рулалда нахъаги чӏун, жиндирго бажари цогидазда бихьизабизе, гьеб кинан махщалида бачине кколебали мугӏрузул гвандахарал нухаздасан…\nХъахӏлъизе жубараб керчаб каралъ бицунеб букӏана хӏакимчи гӏолохъанлъиялъул ригьалдаса рикӏкӏалъизе жуван вукӏин. Рулалда цун цебе цӏутӏараб гургинаб чехьалъги, бугъил гӏадаб габуралъги, тӏад ретӏараб цӏакъго хирияб ратӏлицаги бицунеб букӏана, моцӏрол харжалъул бадиве валагьун гӏумру гьабун хутӏиялъ, бубудулев вугев бугъа гьев гуревлъи…\nМагӏарухъе унел чӏедерал ва гвандахарал шагьранухазухъ балагьичӏого, кьвагьараб гулла гӏадин боржинабулеб букӏана богӏоца ццулъарав хӏакимас чӏухӏараб машина, расги барахщичӏого…\nАскӏор гӏодорчӏун рукӏарал гӏолохъаби гьардолел рукӏана жидерго боссасда, нухалги квешал ругин, дагьаб цебебалагьунгӏаги бачеха, ле, гьаб машинайилан абун.\n— Руцӏцӏа, гӏабдалзаби! Нуж лъида малъарулел ругел? Нужеда нусгогӏан лъикӏ лъала дида гьаниб щибаб свери, кибехун кинаб гванда нухазда бугебали… Дун гьитӏинаб мехалъ чанги хӏамуздаги, чуяздаги, гьаказдаги рекӏун хьвадарал нухал руго гьал. Берал къанщунгицин бачине кӏола дида гьанисан машина, нуж щиб бицунел цӏукӏаби!..\n— Ахӏмад Набиевич! Нухал цӏакъго квешал руго гьаниса тӏаде. Цевевалагьун баче машина, гӏодобнакӏкӏуца нухал рихьулеб хӏал гьечӏин… Мун цӏакъго мехтун вуго жакъа! Дун виччай рулалде нахъе. Дица бачина машина. Дунлъидал дур шофер.\n— Вуцӏцӏа, цӏукӏа! Шагьаралде тӏадруссаралго дица кӏиявго хӏалтӏудаса нахъе рехизе руго нуж, гьедигӏан хӏинкъарал цӏукӏби!.. Тӏаде къо ккараб мехалъ, кинан нужеца дун цӏунизе вугев хъачагъаздаса, жакъагицин гьадин рихха-хочарал чагӏаз…\n— Ниж нахъе реханиги кӏваричӏин, Ахӏмад Набиевич, машина цебебалагьун баче, талихӏкьегийин!\n— Руцӏцӏа, гӏабдалзаби, рехилищ цо кьурулъа гъоркье, цараца гӏангурбацӏал гӏадин?\n— Сундегъундай вуго жакъа гӏабдал? — ян хъачӏго абуна, квешго ццин бахъарав хӏаким цӏунулес. Чӏезабе машина, ниж гъоркье рахъине. Дуего бокьараб гьабулев вукӏа. Нижеда гӏадалъе вахана жакъа мун, дур хъачӏлъиги…\n— Дунищ гӏабдал? Нужищ?!.\nЦцидал цӏаялъ гьелегьарав, мехтарав хӏакимасул бадиса канлъи босун ана, жиндие мутӏигӏлъиялдаса рорчӏарал гӏолохъабазул хъачӏлъи бихьидал…\nГьев машина жеги хъамун бачине жувана, доба-гьанибги тенкезабулаго…\nII\nБуччараб накӏкӏил рохьоса тӏаде унаго, росулъе гӏагарлъулеб сверуде щолаго, тӏасагъоркье данде бачӏунеб букӏана, гьединго хъамизабун бачун бачӏунеб цоги машина. Гьеб букӏана шагьранух цӏакъго къваридаб, цо машинаялъегицин эркенго ине бакӏ гьечӏеб гӏадаб бакӏ…\nБитӏун кӏиябго машина данде щолеб бакӏалда, циндаго, нухда загьирлъун бачӏана, лахӏчӏегӏераб ретӏел тӏад ретӏарав гӏажаибав чиясул сипат-сурат…\n— Чӏа! Чӏа! — ян ахӏулеб букӏана гьес, цоцазе нухги кьезе бокьичӏого, цоцазде тӏаде-тӏаде рачӏунел ругел шоферзаби сундасаялиго цӏунизе бокьараб гӏадин…\nГӏисинккун балеб бугеб цӏадацаги, хъугъун лъураб гӏодобнаккӏалъги жеги хӏинкъи бугеблъун лъугьинабулеб букӏана, борохь гӏадин, кӏичӏардилаго мугӏрузде ххарун унеб бугеб шагьранухлул тӏеренабго чӏоло…\nАраб мухъ-рахъ лъачӏого чӏегӏерав ратӏлилав цевеса тӏагӏинги, циндаго, кӏиябго машина дандречӏчӏиги цадахъго ккана… Жеги кьурабалъ багъулеб бугин кколеб букӏана кӏиябго машина цоцалъ речӏчӏараб мехалъ, сверухъе бахъараб гьаракьалъул гӏасияб дандерижи… Дандречӏчӏиялъул кутакалъ кӏиябго машина, шагьранухдаса гъоркье бортун ана, гидалабиги чӏвалаго…\nIII\nГӏемер кватӏичӏого тӏаде щвараб машинаялда жанир рукӏарал гӏадамазда рихьана, нухлул рагӏалдаса гъоркье машинабазул бурдуз тарал лъалкӏалги, гъура-чункарал хъархъалги…\n— Хехлъи гьабун гъоркье рахъа! Гьаниб авария ккараб хӏисаб бугин! — илан абуна шоферас цадахъ рукӏаразда, машинаги чӏезе тун. Гъоба гӏурул рагӏалда тӏалабазда тӏадги речӏчӏун чухӏ-чухӏун ругел машинабиги, доре-гьанире ран ругел чухӏа-кӏутӏарал гӏадамалги рихьидал, гьезие кумек гьабизе журана тӏаде щварал нухлулал…\nЧурулъе бортараб гӏункӏкӏ гӏадин, бидул хӏоринивги лъун, гъура-чункун, тӏалабазде тӏадеги вортун, хвалил боснов лъун вукӏана дов пахруяв хӏаким живгоги… Гьесда цадахъ машинаялда жанив вукӏарав кӏиявго гӏолохъанчиясул хӏал рагӏалде бакӏарулеб букӏана…\nТӏасагъоркье бачӏунеб букӏараб машинаялда жанир рукӏарал, анашаги бухӏун, кепалда вукӏарав лъабго гӏолохъанчиясулги тӏаде балагьизе хӏинкъараб хӏал букӏана… Гьезие тӏаде щвараз гьабизе щибго кумек букӏинчӏо – бихьулеб букӏана гьезул цонигиязул хвалдаса рорчӏулеб хӏал гьечӏеблъи…\n…Кисан вачӏаравали лъачӏого, гъура-чункарав Ахӏмад Набиевичасда цеве тӏалда тӏад гӏодов чӏун вукӏана довго чӏегӏераб ратӏлилав…\n— Кумек гьабе! Дун холев вуго!..\n— Мун жеги хвезе рес гьечӏо!.. Дуе дидасан щибго кумекги букӏине гьечӏо!.. Дуе кумек цогидаз гьабизе буго жакъа… Гьанжегӏаги кантӏичӏони, дур иш мекъи ккезе бугоха, пакъир!..\nЧӏегӏерав ратӏлилав цевеса паркъун инги, Ахӏмад Набиевич лъавудаса инги цадахъго гӏадин ккана…\nIV\nШагьаралъул больницаялъул палатаялда унтарасде тӏаделъун рукӏана хъахӏал халгӏатал ретӏарал тохтурзаби…\n— Гӏажаиблъи буго, авария ккун, кьурулъа гъоркье рортарал киналго хвараб мехалда, Ахӏмад Набиевич гьадин чӏаго хутӏи. Талихӏав чи вукӏун вуго гьав, бохги бекун, гьадин чухӏа-кӏутӏунгӏаги чӏаго хутӏарав, — ан абуна цояв тохтурас цогидасда, бетӏерги кӏибикӏизабулаго.\n— Къо лъугӏичӏогоха! — ян жаваб кьуна Ахӏмад Набиевичасул бекараб бохда гипсги рекъезабулаго, гӏумруялда гӏемераб жо жинда бихьарав херав тохтурас. Унтунилан гӏадамал холел рукӏаралани, дунялалда чӏагояв чиго хутӏилароан вукӏарав. Хасго нилъер заманалда…\n…Цин лъавудаса ун, цинги гӏакълуялде вачӏун, унтул гӏазабалъ кӏвекӏулев вукӏана Ахӏмад Набиевич. Гьесда жеги тӏубанго бичӏчӏулеб гьечӏин кколеб букӏана, жиндиегоги цадахъ рукӏаразеги ккараб балагьалъул хӏасил.\n— Дида цадахъ рукӏарал?!. Кир ругел дир ахраникал?! Дида бугеб хӏал бихьизе щай гьел рачӏунарел?! — ан хӏалалъ ццидалъ гаргадилев вукӏана, риччалъе ккун тату хварав шагьаралъул бетӏер… Чӏаха цо дун тӏаде вахъинегӏан!.. Цо къоялъгицин тезе гьечӏо дица гьел хӏалтӏуда, мунафикъзаби. Гьезда лъаларогойищ бугеб боссасул хӏурмат гьабизе кколеб куц!.. Подожди, я еще проучу их разгильдяев! — ан живго жиндиего гъулгъудилев вукӏана унтарав…\n— Гӏодове виччай! Дуе ццидахине лъикӏаб гьечӏо. Абулеб буго дуда цадахъ рукӏаралги, доб цояб машинаялда вукӏарав лъабавго гӏолохъанчиги Аллагьасул къадаралде щванилан. Дурго талихӏ буго чӏаго хутӏи. Заманалда нухлулал тӏаде щун рукӏинчӏелани, дурги иш расниги лъикӏ букӏинароан жакъа, — ян абуна херав тохтурас.\n— …Нахъеги мун?!.\n— Нахъеги дун! – ан абуна, циндаго горда цеве эхетарав довго чӏегӏераб ратӏлилас, унтарасухъги валагьун. – Дуда лъан букӏаха, жужахӏалъул цӏа Синжилалда капурзабазул чурхдуздалъунги ва ганчӏаздалъунги бакулеб жо букӏунеблъи. Кантӏе, имангьечӏ! Нилъ дандчӏвазе заман гӏагарлъулеб букӏин кӏочене тоге…\n— Огь, ахӏмакъ! Тӏагӏа дида цевеса!- янги абун, кодобе щвараб жо речӏчӏун балагьизабуна Ахӏмад Набиевичас горда цеве эхетун вукӏарасде… Амма гьев абуни вихьудацин вукӏинчӏо…\nV\nСахлъизеги сахлъун, заманалдасан хӏалтӏуде вахъарав Ахӏмад Набиевичасда, цебего гӏадин, ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо кантӏизе, зама-заманалдасан аскӏов загьирлъун вачӏунев чӏегӏерав ратӏлилас кигӏан жив пикраби гьаризе тӏамулев вукӏаниги… Хӏарамаб кванан, кепалда гӏумру тӏамулев, ришватал росун жиндирго нахъарукъ бечед гьабулев хӏарамзадада ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо, живги хвезелъун вижарав Аллагьасул лагъ вугевлъи, иман-исламалъул къатӏра жиндир чорхолъ гьечӏониги. Бикъулев — букъулев, къурасде хӏапдолев, бергьарасда цере накабиги чӏван, таращ гӏадин, хъерщезе нахъе къаларев гьесие ургъелцин букӏинчӏо, жиндир рагӏияталда ругел гӏадатиял гӏадамазул рукӏа-рахъиналъул… Шагьаралда лъим бачине, нухал къачӏазе ва цогидалги гӏадамазул хӏажалъабазе хӏукуматалъ биччараб гӏарац, гӏонкӏкӏоца гьанал къвачӏа гӏадин, букъизе бугеб ресалдаса пайдаги босун, кеп кьабулев вукӏана, кьурулъан гъоркье вортун хадувгицин хвалил пикру гьабизе ракӏалда гьечӏев пахруяв хӏакимчи-далалайчи…\nГьевго гӏадал, гӏорцӏиго лъаларел, какал раниги, Аллагьасукьа хӏинкъиго гьечӏел хӏакимзаби рукӏана Ахӏмад Набиевичасда сверухъ ракӏарунги…\nVI\n…Гьевго гӏадал фиргӏаназул хъулбузухъе, ракӏалдаго гьечӏого, мех-мехалда, рогьалил гӏужалъ роржун рачӏунел рукӏана забаниятазул вертолетал… Цӏакъго тӏасан ккарал хъамалчагӏи, нахъе квералги кьурун, цо-цоккун рачун унел рукӏана ахӏичӏого рачӏунел хъачӏал гӏабурикӏаз…\nИргадулаб нухалда хӏарамаб гӏарцул цӏураб кӏудияб сумкаги машинаялда жаниб лъун, рукъалъул кӏалтӏе щварав Ахӏмад Набиевичасда цеве паркъана довго чӏегӏерав ратӏлилав…\n— Киданиги лъикӏалъе вачӏунаро гьав чи дида цеве!- ян абуна гьес жиндаго.\n— Гьеб дида гуреб, кидаго дудаго бараб букӏуна!- ян рукъалъул бетӏергьанасдаги абун, гьев, нуцӏаги рагьун, цеве-цеве рокъове жаниве тӏерхьун ана… щибго рагӏи абизе рекӏеда ватичӏого ахцан хутӏарав Ахӏмад Набиевичги вугелъувго тун…\n— Кин гьев рукъ цӏунизе тараз жаниве виччарав, лъазего лъаларев чи?!. Хӏалтӏуде вачӏарав гӏечӏого, гьале къаси дир рокъовегицин вачӏун вуго, ничгьечӏ… Милициялда лъазабизе ккола!.. Кколаро!.. Гьеб мехалъ дунго сурула… Жанив лъола!.. Бегьуларо!.. Гьабщинаб гӏарац!.. Кинаб милиция!..\n— Щай дов чӏегӏераб ратӏлилав рокъове виччарав? Киве дов арав?!.\n— Дуца бицунеб щиб, Ахӏмад Набиевич! Кинав чӏегӏерав ратӏлилав? Щивниги чи жаниве инчӏо!- ян гьедаризе жувана рукъ цӏунизе тарав хъаравул.\n— Кваназе гурони лъаларел чохьочал! Дун беццавищ вугев, дида цеве-цеве рокъове жаниве тӏерхьун арав чи вихьунгутӏизе ккани…\n— Инчӏо, Ахӏмад Набиевич!\n— Ана! Гьале гьал дирго беразда вихьана!..\nVII\n..Радакь гӏужалъ гьурмазда тӏад маскаби ххурал гӏадамаз сверун ккураб Ахӏмад Набиевичасул рукъ рагъулаб хъалаялде сверун бугин кколеб букӏана, гьениб жаниб бугеб кьвагьа-гӏанхъиялъухъ гӏенеккараб мехалда…\nАхӏичӏого рачӏараз бахъинабураб ахӏи-хӏуралъ балагь бачӏинабун букӏана, дагьаб цебегицин щибго сас-мухъ гьечӏого букӏараб, ханасул хъала гӏадаб, хӏакимасул мина-свери… Гьезде кьвагьдезе жуварав Ахӏмад Набиевич, гулбуз вас-васун, цӏалкӏу гӏадин гьавун, бидвецӏцӏулаго хун лъугӏулев вукӏана…\n— Жакъа буго дир дуе кумек гьабулеб къо!- ян абуна чӏегӏераб ратӏлилас, Ахӏмад Набиевичасул гуллица борлълъараб бетӏералда жиндирго цӏорорал квералги рахъулаго…\nVIII\nХвел кидаго, гӏадамазе чан къан, гьезда хадуб лъугьун букӏуна чӏегӏераб ратӏлилъ, тӏасанккун пасалъарал кантӏизаризеги, заманалда кантӏиларин чӏарал ригьинаризеги. Амма кидаго гуро гӏадамазда гьев вахӏшияв хвалил чапар, рагӏад гӏадин, жидедаго хаду-хадув вачӏунев вукӏин бихьулеб…\nМухӏамад Гӏабдулгӏазизов"}
{"slug": "ragal-czolizabuna-iran", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ragal-czolizabuna-iran", "title": "Рагъалъ цолъизабуна Иран", "date": "2026-03-17 08:36:18", "categories": ["proishestvie", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Питнаялъул байбихьи\nАмерикаялъулги Гӏизраилалъулги Ираналде данде гьабулеб рагъ байбихьана 28 февралалда, гьеб пачалихъалъул бетӏер Гӏали Хаменеи, политикиялгун рагъулал хӏаракатчагӏи, Минаб шагьаралъул школалда цӏалулел рукӏарал гӏисинал ясал чӏваялдалъун.\nРоссиялъ кигӏан улкаялъе хӏинкъи, хӏалихьатал ишал гьез гьарулел рукӏаниги, Украинаялъул нухмалъулев ва рагъулаб генералитет тӏагӏинабизе бегьуларин нилъеде ахӏи балел рукӏарал Америкаялъ ва Гӏизраилалъ Ираналъул бетӏер Гӏали Хаменеи ва тӏадегӏанаб рагъул корпусалъул апицерал чӏвай ккола гьез бокьараб улкаялде тӏаде кӏанцӏизе жидер къуват букӏин бихьизаби. Доз бокьараб гьабизе бегьулеб буго, нилъеца нилъго цӏунизе бегьулеб гьечӏо.\nГьеб тунка-гӏуси ккеялъе рукӏана жиндирго гӏиллабиги. 1979 соналда Ираналда ккараб хӏуригаталъул хӏасилалда Америкаялъулги гьеб улкаялъулги гьоркьорлъаби хвана. Гьелъие аслияб гӏиллалъун бихьизабулеб букӏана Ираналъ ядернияб бомба гьабизе хӏаракат бахъулеб бугеб гӏадин.\n2025 соналъул июналда Ираналда ва Гӏизраилалда гьоркьоб ккараб рагъулъги СШАялъ ккуна Гӏизраилалъул рахъ. Гьаб нухалда Ираналде риччарал Америкаялъул ва Гӏизраилалъул ракетабаз гьенир гӏумруялдаса ватӏа гьавуна 787 чи. Гьебго заманалда, цо-цо баяназда рекъон, Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазда ва цогидал улкабазда ругел СШАялъул рагъулал базабазда Ираналъул ракетабазул кьаби щвеялдалъун Америкаялъул чӏван вуго 300-гӏанасев чи.\nАмерикаялъулги Гӏизраилалъулги тӏадецуялде данде Ираналъ гьабулеб буго чӏванкъотӏараб жаваб. Рагъулал экспертазул пикруялда рекъон, Америкаялъул нухмалъулезда ккун букӏинчӏо Ираналъ гьединаб бахӏарчияб дандечӏей гьабилилан. Ва гьанже Америкаялъегун Гӏизраилалъе къваригӏун буго гьеб питнаялде гъорлъе кӏванагӏан улкабиги цӏазе. Гьеб мурадалда батизе бегьулин рикӏкӏунеб буго Азербайжаналъул Нахичеван шагьаралъул аэропорталда цояб ва школалдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого бортараб цогидаб беспилотникалги. Гьеб Ираналъул хӏалтӏи бугин чӏезабизе бокьун буго Гӏизраилалъеги Америкаялъеги.\nЩай Ираналъе мадугьалихъ лъикӏаб гьоркьоблъиялда бугеб Азербайжаналда кьаби щвезабизеян абураб суалги бачӏунеб буго. Ираналъул нухмалъулезги абулеб буго гьеб жидер иш гурилан. Батизе бегьула гьеб Гӏизраилалъ гьабулеб рекӏкӏ. Амма, кин бугониги, Азербайжаналъ армия бокьараб заманалда тушманасе жаваб кьезе бажарулеб даражаялда хӏадурун чӏезабун буго. Гьединал нахъегӏанал жал хӏалел Америкаги Гӏизраилги бугони, бусурбабазул улкаби цолъун, гьезде дандечӏей лъазабизеги бегьула. Заманалъ гьеб дагь-дагьккун бихьизабулебги буго.\nГьебго заманалда Америкаялъул штатаздаги гӏадамаз разилъи гьечӏолъи загьир гьабулеб буго, Халкъазда гьоркьосел къотӏи-къаялги сан гьаричӏого, ООНалъул Уставги хъачӏго хвезабун, жибго жиндаго чӏараб пачалихъалъул бетӏер, гьесул хъизан-лъимал ва сверухълъи кьвагьизарунин абун.\nЦолъарал Штатазулгун гъунки гьечӏеб цолъи\nАмерика ва Гӏизраил Ираналде тӏаде кӏанцӏиялъул мурад бугин рикӏкӏунеб буго цо-цо экспертаз, нарталдагун газалда кверщел гьабиялдаго цадахъ, цӏатариялъул багьабиги цӏикӏкӏинарун, Китаялъул ва Евросоюзалъул экономикаялда кьаби щвезаби. Хадуб, Россиялда кверщел гьабиги. Америкаялъ ва Гӏизраилалъ Ираналда гӏалагъважа гьабуна гӏемерисел пачалихъаз жидер рахъкквезе букӏиналда ракӏги чӏун. Амма иш гьезие бокьухъе ккечӏо. Тӏоцебе Франциялъул президент Макроница инкар гьабуна, Халкъазда гьоркьосел къотӏи-къаял хвезарураб жо гьеб кколинги абун. Гьес амру гьабуна самолетал раччун хьвадулеб «Шарль де Голь» гама кьвагьа-гӏанхъи бугеб бакӏалдаса нахъе, Средиземное ралъдадехун бачеян. Британиялъул Кипралда бугеб рагъул базаялде Ираналъ гьужум гьабидал, Стармер гӏедегӏана Америкаялъ гьеб бакӏалдаса Ираналде кьвагьулеб гьечӏин ахӏи базе. Испаниялъ Пентагоналъе гьукъана жидерго рагъулал базаби Ираналде гьабулеб тӏадекӏанцӏиялъулъ хӏалтӏизаризе. Гьеб киналъго Трампил ццин бахъинабуна ва Испаниялъулгун даран-базар къотӏизабеян буюрухъ кьуна. Рехсарал пачалихъаз гьединаб къагӏидаялда хадубккунги политика билълъанхъизабулеб бугони, СШАялъул Украинаялъулго гӏадаб къисмат Молдовалъги такрар гьабизе бугеб гъира гӏумруялде бахъинчӏого хутӏизеги бегьула.\nИраналъ ядернияб программа гӏумруялде бахъинабулеб букӏин рагъ байбихьиялъе гӏиллалъун кканиги, киназего хӏинкъи бугеб улка кинабин гьикъани, Иран гуреб, Гӏизраил бугин абула рагъулал экспертаз. Гьеб пачалихъалъул хӏукумат хисичӏони, дунялалда ракълилаб парахалъи букӏине гьечӏин лъазабулеб буго гьез. Гьединлъидал бачӏунеб буго пикру Ираналъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугеб Россиялъ Гӏизраилалъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби хвезаризе кколин абураб. Щайгурелъул, нилъер бечелъиялдаса гьарзаго пайдаги босулаго, исламалдеги гӏурусаздеги данде бугеб пачалихъ кколелъул Гӏизраил.\nТӏаде кӏанцӏана, амма мурадалде щвечӏо\nРагъ байбихьун ичӏабилеб къоялъ Америкаялъул президент Трампица лъазабуна СШАялъул рагъулал къуватаз Ираналъул киналго самолетал кьвагьизарунин ва 44 рагъулаб гама гъанкъизабунин абун.\nАмма СШАялъ ва Гӏизраилалъ, Ираналъ гьарурал ураналъул нахърателал нахъе росизе хасаб спецназ битӏизе бугин лъазабун букӏаниги, гьелда хадур жеги щалго унел гьечӏо. Ракӏалде ккола, гьелъие гӏилла бугин Ираналъул жидерго пачалихъалъул мурадал цӏунизе жеги гӏураб яргъилаб ва бахӏарзазул къуват букӏин.\nТӏаде кӏанцӏараз, щибаб къойил рагъуе цо-цо миллиард долларалъул харжги гьабулаго, Ираналъул хӏукумат тӏаса рехизе масъала цебелъун букӏаниги, гьел мурадалде щвечӏо. Щайгурелъул халкъалъ бетӏерлъун вищана жидеего данде кколев чи. Гьелде тӏадеги, гьеб рагъалъ нартил багьа бахинабулебги буго. Гьелъул хӏасилалда Россиялда данде лъазарун рукӏарал энергетикиял санкциял тӏаса рехизе кколин абулел пачалихъазул, гьездаго гьоркьоб Бакътӏерхьул улкабазулги бутӏрузул къадар цӏикӏкӏунеб буго.\nИраналъул цӏивищарав бетӏер, Гӏали Хаменеил вас, 56 сон барав Можтабаца ва яргъилал къуватазул нухмалъулез лъазабуна жидеца, рухӏалда барахщичӏого, ватӏан цӏунизе бугин абун. Россиялъул президент В. Путиницаги баркана Можтаб Хаменеида тӏадегӏанаб хъулухъалде тӏами ва гьарана бергьенлъаби.\nРагъ байбихьилалде цебе Ираналъул тӏолабго халкъалда ва политикиял хӏаракатазда гьоркьоб букӏинчӏеб цолъи, Америкагун Гӏизраил тӏаде кӏанцӏидал, лъикӏго щулалъана ва тушманасде данде киналго рахъана.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "bajramalde-czӏiyal-koyal-nuhal-va-czogidal-proektal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bajramalde-czӏiyal-koyal-nuhal-va-czogidal-proektal", "title": "Байрамалде — цӏиял кьоял, нухал ва цогидал проектал", "date": "2026-03-17 08:42:14", "categories": ["gara", "magiarukh", "obshestvo", "rosdal-magiishat", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Исана 35 сон тӏубала Бежтӏа участок гӏуцӏаралдаса. Гьелда бан редакциялда ракӏалда буго участокалъул тарихги халкъалъул гӏумруги рагьулел макъалаби газеталда рахъизе.\nБежтӏа участокалъул администрациялда церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ нижее бицана муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏер Шамил Арадаховас.\n— Шамил, дуца участокалъе нухмалъи гьабулеб буго ункъо соналъ. Щиб гьабун бажарараб гьеб болжалалда?\n— Муниципалитеталъул масъалаби гӏемерлъиялъ, гьел тӏуразариялъе нухал ратеян тӏадкъана ДРялъул хӏукуматалъ гӏуцӏараб хасаб хӏалтӏул комиссиялда. 2023 соналъул сентябралда ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Нариман Гӏабдулмутӏалимовасул нухмалъиялда гъоркь гьеб комиссия бачӏана Бежтӏе. Социалиябгун экономикияб хӏалалъухъги халгьабун, ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабуна участок цебетӏезабиялъе кӏвар бугел суалал жанир рачараб программа. Гьеб гӏумруялде бахъинабиялде буссинабун буго гьабсагӏат Бежтӏа участокалъул администрациялъул аслияб хӏаракатги.\nНиж гӏахьаллъана республикаялъул цо-цо пачалихъиял программабазда ва гьелъул хӏасилазда рес щвана росабазул жамагӏатазе пайдаял проектал гӏумруялде рахъинаризе. Масала, «Местные инициативы» абураб ДРялъул Экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъул къецалда бергьана нижер проект. Ва министерствоялъул квербакъиялдалъун къачӏана «Гъемилъ» (Бежтӏа росулъ) ва «Мокӏда» (Хашархотӏа) ругел кьоял.\n2025 соналда Бабаюрталъул ракьалда бугеб Бежтӏа участокалъул Качалай росулъ, меценатазул гӏарацги хӏалтӏизабун, байбихьана спорталъул кӏалгӏа базе. Гьабсагӏаталда гьелъул къадал ран рахъун руго. Исана гьелъул тӏох базе ккола. Гьенибго хисана басралъараб токалъул кварги.\nБайбихьана Качалай, Караузек ва Гъаратюбе росабалъе газ бачиналъул хӏалтӏиги.\n— Гъоркьиса гӏемерал гӏарзал рукӏана участокалда ток свинабиялда бан. Гьеб масъала кин тӏубалеб бугеб?\n— Басралъарал токалъул кваралги, хӏубалги, трансформаторалги — гьеб буго мугӏрузул тӏолго районазе гӏаммаб масъала. 2025 соналда Дагъэнергоялъул кумекалдалъун хисана Нахӏада ва Бежтӏа росабалъ трансформаторал. Исана ракӏалда буго 250 киловатталъул къуват бугеб жеги лъабго трансформатор босизе. Хьул буго 2026 соналъул тӏоцебесеб бащалъиялда гьеб масъала тӏубазабун бажариялде.\n2025 соналда хисана Бежтӏа подстанциялда бугеб трансформатор. Токалъул мухъазда хӏалтӏи гьабулеб буго Болъихъ районалда бугеб Районазда гьоркьосеб токалъул мухъазул (РЭС) идараялъ. Болъихъ районалъул Мигӏарсо росулъа байбихьун Лъаратӏа районалъул Анцухъе щвезегӏан ругел токалъул кваралги, хӏубалги, трансформаторалгун фидералги хисулел руго. Гьелда бан гӏемерлъана участокалдаги токал свинариялъул хӏужаби. Исана гьеб хӏалтӏи лъугӏизе батила.\nАмма буго гьадинаб масъалаги. Цӏунтӏа районалъул Кидеро ва Шаури росабалъе щвезегӏан цӏикӏкӏараб къуваталъул токалъул кварал цӏан руго Бежтӏаса. Гьезие хъулухъ гьабулеб буго Цӏумада районалъул РЭСалъ. Бежтӏа яги цӏунтӏадерил росулъ ток свани, цӏумадисел рачӏине кколел руго гьелъул тӏалаб гьабизе. Хӏисаб гьабеха: гьез добеги нахъеги тезе ккола нухлул 152 километр (Кидероса Агъвалибе буго 76 км). Гьелде тӏаде жубазе ккола ток свараб росулъе бугеб нухлул манзилги. Лъаратӏа РЭСалъеги захӏмалъула бежтӏадерил ва цӏунтӏадерил росабалъе, 100-ялдаса цӏикӏкӏун километрги нахъа тун, токалъул масъалаби тӏураялъе хьвадизе. Лъикӏаб букӏинаан токазул масъалаби тӏубалеб идара, ай Цӏунтӏа РЭС, гӏуцӏани.\n— Сунде харж гьабулеб бугеб участокалъул бюджет?\n— Аслияб къагӏидаялда хӏалтӏухъабазе моцӏрол харж кьеялде. Муниципалитеталъул бюджет мукъсанаб буго ва хӏажат руго республикаялъул дотациял. Масала, гъоркьиса хӏалтӏухъабазе моцӏрол харжал кьезе нижее гӏечӏо 21 миллионгун щунусазарго гъурущ. Муниципалитеталъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъеги, СВОялъул гӏахьалчагӏазул хъизамазе кумек гьабиялъеги ва цогидал тадбиразеги 2026 соналде нижее къваригӏуна 40 миллион гъурущ. Жеги анлъго миллион хӏажалъула участокалъул щуго росдае кьезе. Бежтӏа участокалъул администрациялъе босизе ккола оргтехника — гьелъухъ кьезеги къваригӏуна кӏиго миллион гъурущ. СВОялъул гӏахьалчагӏазул хъизамазе кумекалъе ва рагъулал контрактал хъвалезе кьезеги хӏажалъула кӏиго миллионгун ичӏнусазарго гъурущ.\nТӏасан борчӏараб хӏал ккани, халкъалде ахӏи балеб къайи-алат лъезе ккола — гьелъухъ кьезе ккола кӏиго миллионгун щунусазарго гъурущ.\nРоспотребнадзоралъ гьоркьоса къотӏичӏого тӏалаб гьабула школаздаги лъималазул ахаздаги медицинаялъул кабинет гьабеян — гьелъиеги хӏажат буго лъабго миллионгун анлънусазарго гъурущ. Гьелде тӏадеги 2025 соналъул ахиралде школазги лъималазул ахазги токалъухъ кьезе кколеб гӏарац бахана цогун бащдаб миллионалде.\nГьединаб захӏматаб хӏал бугониги, нижеца рес батула муниципалитеталъул жанисел нухалниги къачӏаялъе. Нижер гьечӏо хъил тӏун къачӏарал нухал. 2025 соналда нухлул (акцизазул) фондалде бачӏараб гӏарац бикьана росабазда гьоркьоб: цо миллионгун микьнусазарго гъурущ — Бежтӏа росдал администрациялъе, 600 000 гъурущ — Хашархотӏа, гьедигӏанго кьуна Гьунзиб ва Кьадал росабазеги.\n— Иццалгун лъарал гьарзаяб ракь бугониги, гӏадамазул рукъзабахъе лъим щоларин рагӏана…\n— Гьелде кӏвар кьун букӏана 2023 соналда участокалде бачӏараб хӏукуматалъул комиссиягун тӏобитӏараб данделъиялдаги. 2025 соналда хӏадурана Бежтӏа, Хашархотӏа ва Кьадал росабалъе лъим бачиналъул проектал. Гьел ритӏун руго ДРялъул Бакӏал раялъул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялде. Гъоркьисаго рехсараб министерствоялъ тасдикъ гьабуна Бежтӏа росулъ лъим бачиналъул проект. Хьул буго исана гьеб хӏалтӏи байбихьиялде.\nГьединго хьул буго 300 чиясе бакӏги, жаниб библиотекаги бугеб Культураялъул кӏалгӏа Бежтӏа росулъ базе байбихьиялдеги. Гьелъул проект хӏадуриялъул тӏадкъай тасдикъ гьабуна республикаялъул пачалихъиял идарабазда.\n— Цоги кинал проектал хӏадурун ругел?\n— Хӏадурана ва «Цогояб пачалихъияб заказчик-застройщикасул дирекция» абураб ГКУялде кьуна Бежтӏа росдал школа цӏигьабун къачӏаялъул проект. Школалъе разе руго спортзалги, богорукъги, данделъабазул залги. Хӏадурун буго Кьадал росулъ цӏияб школа баялъул проектги (100 цӏалдохъанасе бакӏ букӏина гьениб). Гьеб, республикаялъул идарабазулгун дандги бан, тасдикъ гьабун буго ва исана гӏумруялде бахъинабиялъе тадбирал гьаризе руго.\nХӏадурана ва ДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялде кьуна Бежтӏа, Балакури ва Кьадал росабалъ лъималазул ахал раялъул проекталги. Балакури лъималазул ах баялъул проектги тасдикъ гьабун буго ва гьеб базе байбихьизе ккола исана.\nХӏадурана Бежтӏа, Хашархотӏа, Балакури ва Нахӏада росабазул школал кьучӏдасанго къачӏаялъул проекталги. Гьел кьун руго ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде. 2025 соналда чӏезавуна Хашархотӏа школа къачӏалеб генералияв подрядчикги ва хӏалтӏи байбихьизе буго 2027 соналда.\nХӏукуматалъул комиссиялъул тӏадкъаялда рекъон, хӏадурана Бежтӏа участокалъул лъай кьеялъул идарабазда богорукъзал раялъул проекталги. Бежтӏа участокалъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул программаялда (2026 ва 2027-2028 соназде) хӏисабалде босун буго Нахӏада (60 бакӏ бугеб), Хашархотӏа (60 бакӏ), Бежтӏа (130 бакӏ) ва Балакури (110 бакӏ) бугел богорукъзалги квен хӏадурулел бакӏалги разе. Гьезул проекталги хӏадурана ва дандрана ДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялъулгун.\n— Пачалихъияб комиссиялъул протоколалда рехсон рукӏана Бежтӏа росдал аслияб больницаялъул масъалаби. Ахӏвал-хӏал кинаб бугеб жакъа?\n— Инсанасул сахлъи цӏунигӏан кӏвар бугеб суал батиларо. Гьединлъидал нижеца тӏоцебесеб иргаялда хӏадурана ва ритӏана «Дирекция развития сети объектов здравоохранения Республики Дагестан» абураб ГКУялде больницаялъул бетӏераб минаги, черолеб рукъги ва богорукъги кьучӏдасанго къачӏаялъул проектал. Гьел росизе кколаан 2025 соналда къачӏазе ва разе ругел проектазул сияхӏалде. Ва гьебго соналъул тӏоцебесеб ноябралде, «Модернизация первичного звена здравоохранения» абураб регионалияб программаялъул сияхӏалдеги росун, къачӏан рахъинаризе кколаан больницаялъул бетӏераб минаги, черолеб бакӏалъулгун богорукъалъул минабиги, машинаби толеб бакӏги ва сверухълъи берцин гьабизе кколаан. Жакъа къоялде гьеб рахъалъ щибниги гьабун гьечӏо! Пачалихъияб комиссиялъул тӏадкъаялъул министерствоялъ сан гьабунгутӏи кин бичӏчӏилеб? Лъаларо…\nГьебго министерствоялъ хӏисабалде босун батичӏо Бежтӏа росулъ больницаги поликлиникаги раялъул проекталги. ДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялъул комиссиялъ халгьабун хадуб (2023 соналъул сентябралда) кӏиго лъагӏел буго поликлиника хӏалтӏуларого — гӏадамазул гӏумруялъе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏана гьеб. Рехсарал объектазул проектал хӏадуриялъул рахъалъ кинабгӏаги пикруги загьир гьабичӏо ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ.\nАраб соналъул тӏоцебесеб ноябралда къачӏан бахъинабизе кколаан Бежтӏа росулъ бугеб Лъималазул искусствоялъул рукъалъул мина. 2024 соналъул кӏиабилеб кварталалдаго ДРялъул Культураялъул министерствоялде кьуна нижеца гьелъул документал, амма жеги щибниги гьабичӏо.\nБежтӏа росулъ буго цӏибараб спорткомплекс. Гьеб хӏалтӏизабиялъе хӏажалъула 18 миллионгун анлънусазаргоялдаса цӏикӏкӏун гъурущ. Муниципалитеталъул гьединаб рес гьечӏо. Гьединлъидал ДРялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна спорткомплекс ДРялъул Мулкалъул министерствоялъухъе кьезе ва гьезги — ДРялъул Физкультураялъул ва спорталъул министерствоялъул балансалде кьезе. Гьеб масъалаги жеги тӏубан гьечӏо.\nБуго цоги тӏубазе кколеб ва Бежтӏа, Хашархотӏа, Кьадал росабазул жамагӏатазе кӏудияб кӏвар бугеб масъала. Хъазангӏоралъул ва Балакуринка гӏоралъул рагӏалал щула гьаризе ккола. Гьединаб тӏадкъай кьун букӏана ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулги экологиялъул министерствоялъе 2025 соналъул сентябралда гьабураб ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда. Гьелъие бихьизабураб болжал цебего ана (хӏадуризе кколаан 2025 соналъул тӏоцебесеб ноябралде). Хьул буго исанагӏаги гьелъие проект-смета хӏадуриялде ва 2027-2028 соназданиги хӏалтӏи гьабиялде.\n— Анцухъа Бежтӏе унеб нух къачӏалеб буго гьабсагӏаталда. Гьеб кида лъугӏизабизе бугеб?\n— Нижер халкъалъе кӏудияб рохел буго гьеб. Ахирги байбихьана гьеб кӏудияб кӏваралъул масъала тӏубазе. Проекталда рекъон нух гьабун бахъине ккола 2027 соналда. Кӏудияб баркала буго гьеб проекталъе нух кьураб республикаялъул нухмалъиялъеги гьенир хӏалтӏулев щивав чиясеги!\nНижеца гьарун буго, машинаби хьвадиялъе захӏматаб ва хасго хасало хӏинкъи цӏикӏкӏараб Гьинухъ габурлъиялдасан бугеб нухги жибго тун, Кьадал — Бежтӏа — Кидеро цӏияб нух баялъул проекталъеги документал хӏадуреян абун. Гьеб бахъизе ккола Жераъ колодасан Кидеро росдал Иша абураб бакӏалде щвезегӏан, Гьинухъ габурлъиги борлъун. Гьелъул халалъи букӏине буго микьгогун бащдаб километр.\nЖакъа къоялда къачӏалеб буго «Качалай — Караузек — Туршунай» шагьранухги. Гьабсагӏаталда гьелъул цо километралда хъил тӏун бахъун буго. Бежтӏадерие гуребги, гьеб рахъалда ругел магӏарул районазул хъутабазеги кӏвар бугеб нух буго гьеб.\n— Исана буго Бежтӏа участок гӏуцӏаралдаса 35-сонилаб юбилей. Кин кӏодо гьабизе бугеб гьеб?\n— Бокьилаан нижер бищунго кӏудияб анищ тӏубани — участокалъул бакӏалда Бежтӏа район рагьани.\nУчастокалъул юбилей тӏобитӏизе ракӏалда буго. Гьелъие рес балагьизе ккола. Жеги къо цӏан гьечӏо, амма байрамалде хӏадурлъулел руго ниж.\nГара-чӏвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ"}
{"slug": "tiinkiuleb-magiu-gioduleb-raki", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tiinkiuleb-magiu-gioduleb-raki", "title": "Тӏинкӏулеб магӏу, гӏодулеб ракӏ", "date": "2026-03-17 09:04:35", "categories": ["gara", "ikhtiyaral-tsiuni", "insan", "obshestvo"], "text": "Гӏаракъи-чагъир гьекъей дагьлъиялда цадахъ, ахирал соназда цӏакъго цӏикӏкӏанин абизе бегьула наркотикал хӏалтӏизари. Гьелда данде рагъ баниги, гӏемераб гӏарац сверухъ сверулеб букӏиналъ, загьираб хӏасил кьолеб гьечӏо. Аби буго, наркоманасул бугила кӏиго нух — хабалъе ялъуни туснахъалде. Лъабабилеб, ай гьездаса бацӏцӏадаб нух батизе къанагӏатазда гурони кӏоларо.\nГъизилюрталда букӏараб руччабазул колониялда жанир тӏамуразул гӏемерисел рукӏана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьезул цояй, Патӏиматилгун (цӏар хисизабун буго), ункъо соналъ цебе туснахъалъуб нижер ккараб гара- чӏвари бахъулеб буго гьаниб. Гьей йиго 31 сон барай гӏадан. Туснахъалда базе ккола 9 сон. Гара-чӏвари гьабулеб заманалда, гьелъ гьениб бан букӏана щуго сон.\nГьелъие нижеца кьуна щуго суал.\n— Сунца мун тӏамурай такъсир гьабизе, кин ккараб наркотиказулгун бухьен?\n— Сунца тӏамилей, гӏарац гӏоларого букӏиналъ. Дир буго тӏадегӏанаб лъай, дун ккола педагог. Амма киб щолеб гьаб заманалда лъаялда рекъараб хӏалтӏиги мухьги? Дие щвечӏо, щвечӏеб заманалда хӏажатайлъун ккана гӏарцуда хадуй екерахъдизе. Дир тӏалабалда рукӏана эбел-эменги. Гьеб гьирида гъоркь йигей дун, росгун цадахъ, ана Москваялде, гьениб байбихьана хӏалтӏизе. Дица цӏалароан хъалиян, гьекъолароан, наркотикал хӏалтӏизариялъул суалго букӏинчӏо. Амма доя дир йикӏана гьезулгун лъикӏаб «гьудуллъи» бугей гьалмагъ. Байрамаз ва цоги къваригӏелаз гӏебеде ячӏуней дунги чанго нухалъ ккана «товар» (наркотик) босизе гьание ячӏуней гьелда цадахъ. Дида бихьана, бичӏчӏана, лъана кинабго – киса-щиб гьелъ босулебали, лъие кибе кьолебали ва кигӏанасеб гӏарац гьелъие щолебали, аваданаб ва «эркенаб» гӏумру. Гьеб кинабго щулаго рещтӏана дир ботӏролъ. Хехго биххана нижер ригьин ва гъоркьгоги гӏагарлъиялъул масъалабаз къан ккун йикӏарай дида тӏаде ккана гьебги. Гьеб мехалъ дир ботӏролъе рачӏана лъикӏал гьечӏел пикраби — дир гьалмагъалда кӏвараб щай кӏолареб дидагиян абурал. Гьедин байбихьана кинабго. Хӏалбихьана цо нухалъ — битӏун ккана. Хӏалбихьана кӏиабилеб нухалъ — ккана жеги лъикӏ, щвана гӏарац. Гьеб хӏалалда Дагъистаналдаса оптом росулаан наркотикал, ричулаан Москваялда. Амма гьеб букӏана цо къоялъ законалъ дир щекъер кколеб, кида ккунги туснахъалде кколеб бизнес. Дида гьеб бичӏчӏулаан, къасиги къадги дилъ бессун букӏана гьеб асар, амма къойил тӏаде бан бачӏунеб гӏарац, сунцаниги кквезе кӏолареб гьеб гъира — гьелъ гӏадал гьабуна бетӏер. Щолеб гӏарцул гӏемерлъиялъухъ ялагьун дир бербиххулаан, бетӏер сверулаан, кӏолароан лъалхъизе.\nИргадулаб нухалъ щвана Дагъистаналде, кидаго гӏадин босана «товар», щвана аэропорталде, ва дида аскӏоре рачӏана хасаб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби (хадуб лъана гьез цебегоялдаса нахъе дида хадуб халккун букӏараблъи). Ва цо параялда жаниб дун махӏрумлъана эркенлъиялдаса, хъизамалдаса, кинабго буголъиялдаса ва букӏине рес букӏаралдаса, хӏатта дунго дидасаго.\n— Кида дуда бичӏчӏараб дуца кӏудияб тамихӏ гьабун букӏин, мун туснахъалде тӏамизе йикӏин?\n— Ракӏбацӏцӏадго абуни, дун ккведал кинабго бичӏчӏаниги, дица яхӏ бахъулеб букӏана гьел захӏматал пикраби рикӏкӏад гьаризе. Ахирал секундазде щвезегӏан хьул букӏана йорчӏилин, кӏвелин гӏарцухъ эркенлъи бичун босизеян абураб. Амма дида чӏванкъотӏун бичӏчӏизабуна дир хьулал тӏуралареллъи, гӏагараб заманалда жаниб эркенлъи бихьулареблъи. Бичӏчӏана дица гьабураб ва дун ккараб бакӏ, лъана къвакӏараб тамихӏалде цӏазе йикӏин, ва дида, гӏемер лъикӏ лъалаан туснахъалде ккарал руччабаздехун Дагъистаналда букӏунеб бербалагьи.\n— Рекӏекълъанищ дуцаго гьабуралда?\n— Рекӏекълъана, щаклъи гьечӏого мукӏурлъана риччарал гъалатӏазе. Сундалъун бечедаб бугеб инсанасул гӏумру, сунца гьеб борцунеб? Эркенлъиялдалъун, гьелде ва дуе бокьухъе хьвадизе рес букӏиналде щвараб жо щибго гьечӏо. Кинаб эркенлъиха гьаниб, туснахъалда букӏинеб? Гьание ккедал, дица нагӏана кьолеб буго дир доб гӏумруялъе. Радал тӏаде яхъаралдаса къаси кьижизегӏан цо галигицин тӏамизе ккола форма ретӏарав хӏалтӏухъанас абухъе. Дур гӏумруялъул щибаб лахӏзат цогидаз рекъезабулеб заманалда гӏумруян кин абилеб? Щивха гӏайибияв? Гьайгьай, дунго.\n— Кинал дарсал дуе кьурал дуда бихьараб гьеб киналъго ва бугищ цоги нухалъ гьеб такрарлъиларин абураб ракӏчӏей?\n— Ракӏчӏей сундулъниги ва лъилниги букӏунаро, метер букӏинесеб нилъеда лъаларо, лъазе ресги гьечӏо. Амма, аби буго, нилъер къисмат буго нилъеда кодобин абураб. Гьединлъидал, яхӏ бахъани квешлъиялдаса рикӏкӏалъизе, квешал ишал гьаричӏого тезе, жалго гьел духъе киданиги рачӏунаро — Аллагьасда кинабго бихьула ва Гьесда лъикӏ лъала лъихъе кинаб квер битӏизе кколебали. Дарсазул абуни, гьаниб жаниб бараб щуго сон дие бащалъула 1000 дарсида, гьел тарихаз толаро цебехун букӏараб такрарлъизе, наркотиказул рахъалде ялагьизецин. Тӏуянго гӏадалайлъун, бетӏер сверарайлъун йикӏине ккола гьаниб бихьарабги хӏехьезе ккарабги такрар гьабизе ккани. Хӏакъикъаталдаги чӏужугӏаданалъе туснахъ буго дунялалдаго бугеб жужахӏ. Гӏеларищ гьеб цо нухалъ бихьараб?\nТӏоцебе дица гӏемер кьолаан Аллагьасдехун юссун суал — сундуе гӏоло дие гьадинаб гӏакъубаян абун. Цинги гӏемер ургъун, гӏемер гӏодун, магӏу тӏун, дирго ботӏролъ дир букӏараб гӏумру, дица нахъа тараб нух сверизабун хадуб батана жаваб — наркотиказулгун бухьен ккаралдаса нахъе гӏемерал гӏадамазе дица кьураб гӏазабалъе гӏоло. Дунялалда тӏад щибниги гьечӏо эбелалъул магӏил багьаяб, амма дир бизнес букӏана гьелда тӏад гӏуцӏараб, дие щолеб гӏарац букӏана гьеб магӏуялъ чурараб. Дир букӏана бечедаб гӏумру, амма гьелъул багьа букӏана лъил бугониги бекараб къисмат, хвараб гӏумру, щущараб хъизан. Квеш ккараб жо буго гьеб кинабго дида цӏакъго кватӏун гурони бичӏчӏичӏолъи.\n— Дуца гьабураб гьез гьабичӏого букӏинелъун, дуда бихьараб гьездаги бихьичӏого букӏине гӏоло, щиб абилеб дурго гӏага-божаразда?\n— Дудагоги бихьула, нижеца яхӏ бахъула къачӏа-кӏатӏан рукӏине, нижеда гьоркьоб букӏуна махсара-хочӏ, камуларо аваданлъи, амма лъида лъалеб нижер рекӏел хӏал, лъида бихьулеб нижер магӏу. «Отбоялдаса» хадуй дун егула, амма гьалгощинал соназ гьаний йигониги, сагӏтаз кӏоларо кьижизе, щоларо макьу — лъугӏулеб жо батиларо магӏу, сахлъулеб жо батиларо ракӏ. Бицине бегьила гӏемераб, абила къокъго — мискинго, амма эркенго, гьаниб бичӏчӏана дида цӏакъго гӏадатиял, амма кутакалда гъваридал гьел рагӏабазул магӏна. Рикӏкӏад гьаре наркотикал, гьеб буго кӏудияб балагь, гьел хӏалтӏизариялдалъун дуца чӏвала мунго, гьел ричиялдалъун дуца чӏвала цогидал. Гьале нужеда цебе буго дир мисал. Гьабе къимат эркенлъиялъул, гьелде щвараб жо гьечӏо.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "kiigo-rellarab-kismat-kiigo-batiiyab-kismat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kiigo-rellarab-kismat-kiigo-batiiyab-kismat", "title": "Кӏиго релълъараб къисмат. Кӏиго батӏияб къисмат", "date": "2026-03-17 09:11:40", "categories": ["insan", "obshestvo", "rakialdeshchvej", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Ватӏаналъул васал, нужей рецц гьабун, свакалей гьечӏо дун, кигӏан хъваниги. Гьел нужер гьунараз гьале цӏидасан цӏар гьабулеб буго бихьинчилъудал.\nМакьил рахӏат гьечӏей хӏикматай гӏадан, солдатасул эбел – дун духъ гьоболлъухъ. Цо вугев васасул бицунеб мехалъ, Хатимат, дур магӏу гӏорлъун чвахула.\nМухӏамадхӏажица дур къисматалъе багьа тӏадегӏанаб сайгъат гьабуна. Мугӏрул улкаялъул бахӏарчиясул тӏокӏлъиялъул буго жакъа бицунеб.\nБихьинчияс бихьун магӏу тӏоларо — Гӏалиасхӏаб, дур ракӏ киндай судараб. Цо вугев васасул пикраби гьарун, чан сордо рогьараб лъабайго яцалъ!\nПаналъун гӏенеккун йиго жакъаги Мухӏамадхӏажихъ дун, магӏуги къулчӏун. Гьес гьудул Русланил бицунеб мехалъ, пикрабазда гъаргъар бала хӏалуцун.\nВасасде ирга щведал, дун чучлъизе бегьилищ!\nБуйнакск шагьаралъул № 6 школаги лъикӏал къиматазда лъугӏизабун, Мухӏамадхӏажи цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталде. Лъабго курс лъугӏидал, Мухӏамадхӏажида ракӏалде ккола армиялда хъулухъ гьабизе ине. Цӏалиги гьоркьоб къотӏизабун, гьев иналъе гӏилла бицана дие гьесул эбел, Буйнакск шагьаралъул № 6 школалъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель Хатиматица. Хатиматилгун лъай-хъвай ккаралдаса гӏурабго заман унги букӏана. Гӏемер дандчӏвала ниж гьанжеги литературиял тадбиразда. Хатимат ккола Хунзахъ районалъул Гъонохъ росулъа, гьелъул гӏумруялъул гьудул Гӏалиасхӏаб – Хунзахъ районалъул Гӏобода росулъа.\nЦо гьудул-гьалмагъалъ бицун лъана гьезул вас Мухӏамадхӏажиги СВОялъул гӏахьалчи вукӏин. Ва дун щвана гьезухъе гьоболлъухъ. Мухӏамадхӏажи рокъов ватичӏо. Гьев вачӏинегӏан, гара-чӏварана гьесул эбел-эменгун-яцалгун.\nВа Хатиматица дие бицана:\n— Учитель хӏисабалда, дица кидаго бицунаан ва гьанжеги бицуна цӏалдохъабазе ватӏан бокьизе ккеялъул, къоккани, гьелъие гӏоло рухӏ кьезе хӏадур рукӏине ккеялъулги хӏакъалъулъ. Гьоркьоса къотӏичӏого бицуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъулги, Афгъаналъул рагъулги, араб гӏасруялъул 90-абилел соназул рагъулал тунка-гӏусиязул бахӏарзазул хӏакъалъулъ. Амма ракӏалде кколароан СВОялъул бицине ккелин абунги. Кӏудияб, къуватаб улкаги, улкаялъул гӏорхъода бугеб парахалъиги… Амма Аллагьасул хъвай батӏияб букӏун буго…\nДир васасул вукӏана гьудул Руслан. Школалде рачараб тӏоцебесеб къоялдаса нахъе щулалъулеб букӏана гьезул гьудуллъи. Мухӏамадхӏажицаги хӏукму гьабуна, Руслан ине вугилан рагӏидал, цӏалиги гьоркьоб къотӏизабун, армиялде ине. Нижеда лъалаан, щиб бицаниги, Мухӏамадхӏажица жиндирго хӏукму хисизе гьечӏеблъиги. Щайгурелъул – гьениве ине вукӏана вацлъун жиндие хутӏизе вугев Русланги.\nГьеб букӏана 2020 сон. Мухӏамадхӏажица хъулухъ гьабулеб букӏана Забайкальеялда, Читаялда. Советияй чӏужугӏаданги мугӏалимги хӏисабалда, дица вас лъадарана ватӏаналде рокьи аслиябилан абураб пикруялъулъ. Гьелъги батила, гьединавлъун гӏезеги гӏуна дир дарман. Гьес хъулухъ гьабулеб бакӏалъул командованиялъулги лъикӏал пикраби рукӏана гьесул хӏакъалъулъ. Ва заман щвелалдего (досрочно) щвана гьесие сержантасул цӏарги. Къоло кӏиго сон гурони гӏумруялъул гьечӏев гьев тӏамуна отделениялъул командирлъунги. Дун йикӏана къоял рикӏкӏуней, кидадай вас тӏадвуссине заман гӏагарлъилебилан абун. Амма къисматалъ батӏияб хъван букӏун буго – санагӏалъи ккун, цоцаздаса вичӏуларев кӏиявго гьудулас къотӏи гьабун буго ватӏаналъул ахӏиги къабул гьабун, гьелъул парахалъи цӏунизе ине. Гьеб букӏана 2022 соналъул февраль… Дида ракӏалде щвана дицаго лъималазе кьолел ругел патриотикиял дарсал. Гьанже дирго васасде ирга щведалищ, дун чучлъизе кколейилан диего ракӏ-макӏ гьабуна дица, — илан магӏу бацӏцӏана Хатиматица.\nЧӏухӏиги бухӏиги цадахъ букӏана\nЭбелалъ бицунелъухъги гӏенеккун, ясазги бицана дие вацасул хадусеб къисматалъул:\n— Армиялдаги цадахъ вукӏарав, цинги СВОялдеги гьудул Руслангун цадахъ ккарав Мухӏамадхӏажил хӏакъалъулъ нижеца эбелалдаса гӏемер жо балъго гьабулаан. Тӏоцебесеб къоялдасаго байбихьун Мухӏамадхӏажи вукӏана рагъул цебесеб кьерда – Киевалда гӏагарлъухъ. Гьенире щвезе 35 километр хутӏун букӏун буго… Чанги гьереси бицине ккана эбелалъе. Эбелалъул рекӏеда лъалеб букӏараб гӏадин, нижеда гьей, гьелъухъе щведал, кидаго ятулаан рахӏат хун. Амма гьей гьечӏеб бакӏалда гӏемер гӏодаралха ниж. Цинги щукруги гьабулаан. Гьелда лъалароан къокъабго заманалда васас гьарулел рукӏарал бахӏарчиял ишазул хӏакъалъулъ. Нижеца гьелда абун бугелъулха гьев гӏорхъодаго вугин Русланида цадахъилан. Руслан цадахъ вугилан абидалги, цо дагьай гӏодое йиччалаан гьей. Зама-заманалдасан Мухӏамадхӏажилгун видеобухьенги гьабулаан нижеца эбелалъе. Цо заманалдасан хабар къотӏана вацасул. Я вугеб бакӏ, я гьесие ккараб жо лъаларого, гӏурабго заман ана. Гӏемер рекерахъдизе ккана ниж. Ва ахир-къадги лъана нижеда вац лъукъун вугеблъиги, гьев госпиталазда сах гьавулев вугеблъиги. Лъалароан гьеб эбелалда. Дагьабго гьесул мадар лъугьиндал, нижеца эбелалда абуна гьабсагӏаталда нилъехъе Мухӏамадхӏажи кӏалъазе вугилан. Гьей тамашаго, васвасдилаго, ялагьун чӏана нижехъ. Вай, дир берзул канлъийиланги абун, чӏезе кӏоларого йикӏана гьей, вас кӏалъан вачӏинегӏан. Гьалеха доб жиндихъ эбел ялагьун чӏун йикӏараб «цӏурмил» гьаракь. Телефоналдасан вас вихьидалги, гьелъул экраналда гӏемер къочардиялъ, эбел рекӏедаго ятулей йикӏинчӏо васасде кӏалъазе. Амма гьесул кӏалъай рагӏарабго, бичӏчӏана эбелалда гьесие цо жо лъугьун букӏинги. Цого жоги гӏемер цӏехолеб букӏана гьелъ. Гьесулгун кӏалъай лъугӏидалги, цӏидасан пикрабалъе ккана эбел… Живго вац рокъове вачӏинегӏан, нижеца гьев лъукъун вугиланги бицинчӏо гьелда. Госпиталалда гӏурабго заманги бан, нижер бахӏарчияв вац рокъове витӏун вачӏана сакъатлъиялда бан. Жиндирго вацасдаса чӏухӏуларей яц Дагъистаналда йикӏунейго ятиларо. Яцазда, улбузда гӏадин, гьеб чӏухӏи бахчизеги лъаларо. Нижеда цадахъ гьеб кӏиябго моцӏалъ рукӏана бухӏиги чӏухӏиги, — ян къварилъахъдизе лъугьана яцал.\nВацасул шапакъаталги рачӏана гьез рихьизе. Гьел ран ругоан хасаб рагъулаб пиджакалда. Вацасул бахӏарчилъиялъул нух жинда даим цӏунун хутӏизе бугеб пиджакалда. Кӏиго моцӏ гурони СВОялда базе санагӏалъи ккечӏев, 21 сон гурони гӏумруялъул гьечӏев, мугӏрузул улкаялъул гӏолиласги гьелъул бахӏарчияб тарихалъе сайгъат гьаруна жиндирго бахӏарчилъиялъул гвангъарал лахӏзатал:\n— Медаль «За отвагу», медаль «За отличие в учениях», улкаялъул Оборонаялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота, медаль «За участие в СВО», медаль «За отличие в воинской службе».\nХабар-кӏалалда ниж рукӏаго, тӏаде вачӏана Мухӏамадхӏажил эмен Гӏалиасхӏабги.\n— Дица бицинаро васасул хӏакъалъулъ, гьев гӏадал аза-азар васал руго жакъа Ватӏанги цӏунун. Дирго хӏакъалъулъги щибха абилеб. Дун гӏадал умумулги гӏемер ругелъул, васал арал нухдеги ралагьун. Рецц Аллагьасе, чӏагогӏаги вачӏун вугелъул, — илан абуна гьес, — дица бачина васас бицаралдаса цо гьадинаб мисалги. Гьелъ бицунеб буго Россиялъул халкъазул цолъиялъулъ букӏин гьелъул къуватгийилан, — байбихьана Гӏалиасхӏабица:\n— Мухӏамадхӏажиясухъ гӏемер гӏенеккана дун. Кӏудияб асар гьабуна дие гьесул рагъулаб гьудуллъиялъул хабаралъ. Бокьун буго гьеб дуеги бицине:\n— Унел рукӏана рагъал. Чӏвалел рукӏана дир къайицадахъалги ва цогидалги. Унел рукӏана гьужумалъ церехун, цоцазде регӏичӏого. Хванилан-чӏванилан гьалмагъзабиги тун цин церехун инчӏого ресги букӏинчӏо. Амма цо заманалдасан кӏиго дагъистанияв тӏадвуссун ана солдатал чӏвараб бакӏалде, цояв жеги чӏаго вукӏанин кколин жидедайиланги абун. Ватизеги чӏаго ватун вуго гьев. Кӏикъого километралъ вехъерхъун вуго гьез лъукъарав гӏурус солдат, госпиталь бугеб бакӏалде щвезегӏан. Дида солдатасул хадусеб къисмат лъаларо, васаздаги щибха лъалеб, амма гьев солдатас абун буго, сахлъаравго, бищун цеве жив Дагъистаналде ине вугила, цӏакъ бокьун бугила данде ккарав щивав дагъистаниясда къвал базейилан. Гьел рагӏабазулъ бугебщинаб берцинлъиги, рокьиги, тӏадегӏанлъиги, — йилан абуна гьес ахиралда.\nДие рагъ кидаго лъугӏизе гьечӏо\nГьалеха тӏаде щвана Мухӏамадхӏажиги. Дун ячӏиналъе гӏилла бициндал, гьес хъата-масан абуна жиндир хъвачӏониги гӏелин, амма цӏакъ бокьилаанин жиндир гьудулги вацги Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъа Руслан Хӏажиевасул хъвазейилан. Ва гьебсагӏатго гьесул гьурмал кьер хисана, гьев пикрабалъе ккана.\n— Хъвала дур Русланилги, амма бокьилаан духъ гӏенеккизеги, — ян жаваб кьуна дица. Ва гьадин бицана дие ракьцояв Гӏумарасхӏабил вас Мухӏамадхӏажица:\n— Дун цӏакъго веццун ватиларищха нужее дир эбел-инсуцаги яцазги, — йилан гьимана Мухӏамад. Бокьун букӏана СВО ахиралде щвезегӏан дова вукӏине, Ватӏаналда цебе дирго тӏадаб борч тӏубазе. Амма хъвай батӏияб букӏун бугоха. Гьеб кӏиго моцӏалда жанив дун чанго соналъ кӏудияв гӏуна, эбел-инсул рокъоб бичӏчӏичӏебги бичӏчӏана гьаниб. Лъана гӏумруялъул хиралъиги, гьединго гьелъул магӏнаги. Къойил дандчӏвана хвелгун. Бихьана гӏумруялъ гьелда тӏад босулеб бергьенлъиги. Россиялъул чанго регионалде щвана дун, армиялдаги хъулухъ Читаялда гьабуна, ай, гӏурусазда гьоркьоб гӏемер заман бана. Амма дун хӏакъир гьавулеб, дир напс гӏодобе гьабураб рагӏи жеги лъицаниги абичӏо. Дида гӏемер рагӏулаан бицунеб доз дагъистаниял инжит гьарулилан. Ратила дозда гьоркьорги, нилъераздаго гьоркьор гӏадин, квешалги. Амма дида гьединал дандчӏвачӏо. Дие гьалдалъун абизе бокьун буго нилъер къуват буго цолъиялъулъ. Дие гьеб дагьабги мухӏканлъана СВОялдаги. Чадил кесекгицин бащад гьабулеб, сардил макьугицин цоцазе кьолеб рагъулаб гьудуллъи дида кидаго кӏочене гьечӏо. Гьединго доб рагъги дие киданиги лъугӏизе гьечӏо дирго пикрабалъ. Кидаха кӏочон телел къварилъи-рохелги гӏахьал букӏарал дирго рагъулал гьудулзаби. Дица яцаздаги абулаан эбелалда дир ахӏвал-хӏал бицунгейилан. Инсуде ургъел бикьизе бокьулаан. Гӏажаибго батӏияб бигьалъи лъугьунаан рекӏее, черхгицин тӏадагьлъун бачӏунаан. Амма эбел ракӏалде щвараб мехалда, дунялги унаан чӏегӏерлъун. Урхъун вукӏараб куцха дун гьелъул веэдиялъухъ. Къойил хвалде данде унагоги, гьелъул гьаракьалъ цо кинабалиго къуват кьолаан дие. Гьей кӏалъараб мехалдаги, гьелъул гьаркьихъ хӏайранлъун, вуцӏцӏухӏун чӏунги хутӏулаан, гьелъул магӏил гараз вигьинавулаан. Дир рукъалъул къеда бан букӏана Аллагьилан тӏад хъвараб кӏудияб сурат. Дица эбелалда гьарулаан дурго магӏуялъе кумекалъе, мун, гьадаб сураталда цере квералги ккун, гьардейилан жив цӏунейилан. Дида кколаан эбелалъул магӏие жаваб гьабичӏого теларин Аллагьасилан абун. Рагӏана Досда дир эбелалъул цохӏо вугев жиндир дарман цӏунейилан абураб гьари. Амма кӏочене кӏолев гьечӏо дирго Руслан. Бекана дир къисматалъул цояб рахъ, билана дир гӏумруялъул магӏна, рихх-риххана дир пикраби. Кӏочене кӏолев гьечӏо Изюмалда берал къанщарав дир гьудулги вацги, хирияв, гӏагарав, тӏокӏалъ киданиги, макьилъ гурони, вихьизе рес гьечӏев Руслан, — цӏидасан пашманлъана Мухӏамадхӏажи.\nИзюмалъул рохьазда берал къанщарав гьудул\nРуслан Хӏажиевги цӏалана Буйнакск шагьаралъул №6 школалда. Гьитӏинав Русланил анищ букӏана кинаб бугониги гьунар гьабизе. Хасго бахӏарзазул хӏакъалъулъ цӏалун хадуб гьесда цӏа рекӏунаан. Жиндирго гьудул Мухӏамадхӏажидаги абулаан гьес рачӏайила цадахъ гьунарал гьаризе. Цинги живгоги велъулаан жиндирго пикрабазда. Амма кӏиявго гьудуласда кисаха лъалеб букӏараб Ватӏаналъе гӏоло бахӏарчилъиялъул гьунарал жидехъ ралагьун чӏун рукӏин, гьез жал ралагьизе ругеблъи. Кӏиявго гьудуласе цӏакъ хирияб букӏана Ватӏанги. Гьез цоцазеги такрар гьарулаан Мухӏамадхӏажил эбел-учителалъул Ватӏан бокьизе кколин, гьеб рокьиялъ рагьулин гьунаразде нухалин абурал рагӏаби. Цӏализеги лъикӏал рукӏана гьел. Гьитӏинго бихьана Русланида къисматалъул кьогӏлъи — анлъго сон барав гьев бесдаллъана. Ва гьес жиндиего рагӏи кьун букӏана эбелалъулги цохӏо йигей яцалъулги тӏалаб гьабизе, гьезда захӏмалъи бихьизе тунгутӏизе. Лъугӏана гӏагараб школа. Дагьабго мехалда рикь-рикьана гьудулзабазул нухал. Мухӏамадхӏажи хутӏана Дагъистаналда. Руслан цӏализе лъугьана Уфаялде, топливно-энергетический колледжалде. Ва гьеб лъугӏизабуна тӏокӏлъигун. Гьаб заманалда Мухӏамадхӏажилги лъугӏана ДГУялъул юридикияб факультеталъул лъабго курс.\nВа — цадахъ армиялде. Русланил эбел Бахуца кигӏан гьараниги, къабуллъичӏо васасе рокъов чӏезе. Гьеб кинабго бакӏлъана Бахуе, васас СВОялде ине вугин абураб мехалдаги. Гьардолей йикӏана эбел жинда жаниб рухӏ лъурав цохӏо вугев васасда… Амма лъимерлъудасаго гьунаразухъ гӏащикъ вукӏарав васас гьаб нухалдаги инкар гьабуна эбелалъе:\n— Дун гӏадал васал гурищ доре ине ругел. Щай дун, дир эбелалъулги яцалъулги макьил гьуинаб рахӏат цогидазги цӏунизе тун, рокъов чӏезе кколев. Гьаб дирги Ватӏан кколелъул. Жакъа дие Ватӏан бокьичӏони, метер нужги рокьизе гьечӏо дие.\nАмма эбелалъул рекӏее рахӏат букӏинчӏо. Бицинчӏо гьесги эбелалда рагъул коронив вугилан, абуна Украинаялъул гӏорхъода ругилан. Хадусеб къисматги – Мухӏамадхӏажилго гӏадаб, Киевалда аскӏоб… Кӏиго релълъараб къисмат… Ва кӏиго батӏияб къисмат…\nЦо къоялъ кӏалъана Руслан эбелалъухъе, гьеб букӏана рагъул цересел кьеразда гӏахьаллъизе унеб лахӏзат. Гьес щибго бицинчӏо эбелалда. Амма гьесул вуцӏцӏунчӏеялъ бицана кинабго. Гӏодулей эбелги гӏодое йиччазаюлаго, гьес абуна:\n— Эбел, воре мун гӏодуге. Нилъ жеги рихьила. Дица инсуе рагӏи кьун букӏиндал, нуж цӏунизе. Эбел, дие мун йокьула…\nГьел рукӏана Бахуда васасдаса рагӏарал ахирисел рагӏаби…\nВа гьале Дагъистаналдаса магӏарулас Россиялъе гӏоло, Дагъистаналъе гӏоло, гӏагараб Гъуниб районалъе гӏоло, Кӏогьориб росдал сухъмахъазе гӏоло, гӏагараб шагьаралъул букӏинеселъе гӏоло, тӏолалго улбузулги умумузулги макьуялъе гӏоло къанщана берал кидаялиго вацлъиялъулаблъун букӏараб Украинаялда, Изюмалъул рохьазда. Гьесда щвараб гулла батана хвалилаб.\nКӏиго релълъараб къисмат — гӏанчӏаб лъимерлъиги, гьунаразде бугеб гӏишкъуги, Ватӏаналде бугеб рокьиги, щварал шапакъаталги…\nКӏиго батӏияб къисмат — Русланил цӏар боржана даимлъиялде. Гьесие хун хадуб щвараб Бихьинчилъиялъул орденалъги «За отличие в воинской службе» медалалъги жеги чанго гӏелалъе бицина жидерго бетӏергьанасул къисматалъул гвангъараб къиса.\nМухӏамадхӏажил гьунаралги чанги рехсела гӏун бачӏунеб гӏелалъ. Чӏаго хутӏарав гьудулас жеги чанги бицина бахӏарчилъиялъул абадияб дунялалде арав гьудуласул хӏакъалъулъ…\nСолдатасул эбел, кин йигей мун?\nБахуца ракӏалде щвезабулеб буго:\n— Гьел рукӏана Кӏалбиччанкъоялъул къоял. 2022 соналъул кӏиабилеб маялда Баху ана Махӏачхъалаялде, яцалда байрам баркизе. Яцалъухъ сордоги бан, гьей радал рокъое ине къватӏие яхъана. Ва гьеб параялъ тӏаде ячӏана росасул яц. Гьелъул юцӏцӏунчӏеялъулъ букӏана бицине лъалареб хӏинкъи. Бахуе бокьун букӏинчӏо жиндир рекӏеда хъинтӏараб пикру уяблъун батизе. Амма гьей мекъи ккана – аскӏоеги ячӏун, гьелъ цин Бахуда къвал бана, цинги абуна къвакӏун чӏайилан. Эбелалда кинабго бичӏчӏана.\nКъуркьичӏо солдатасул эбел жиндирго къисматалъе жиндирги жий гӏадал улбузулги макьил гьуинлъиялъеги гӏоло рухӏ кьурав цохӏо вукӏарав васасе гӏоло. Ахӏула гьей дандчӏваязде, буго гьелъулъ къуват васасул бицине. Гьеб къуваталъ ккун ятула гьей ракьалдаги. Цоги ракӏ бохизе жо буго гьелъул – Мухӏамадхӏажи, гьанжеялдаса нахъе Русланил бакӏалда жиндие васлъи гьабизе вугев.\nПашманго ялагьун йиго дун Русланил сураталъухъ — роцӏараб гьумер, гьурмада кунчӏарал талихӏалъул цӏурал берал, йокьулин гӏолилалда абизе щвечӏел кӏутӏби, гӏумруялъухъ гӏашикълъараб балагьи…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "nuh-giumrudul-bidurih", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nuh-giumrudul-bidurih", "title": "Нух — гӏумрудул бидурихь", "date": "2026-03-17 09:16:29", "categories": ["gara", "insan", "obshestvo"], "text": "Кватӏараб сардилъ гӏагарай гӏаданалъ телефоналде ахӏун бачӏиндал, расги рекӏее гӏечӏо. Щибдай ккарабилан абураб пикру букӏана телефон борхилалде ботӏролъ женжедулеб. Кӏалъалей йикӏана Бакьахакьи росдал байбихьул школалда кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏарай ва гӏемерал соназ гьелъие нухмалъи гьабурай Патӏимат Дибирова. Канлъи бугониги, бухьен гьечӏого хутӏаралги лахӏзатал гӏемерал рукӏунин, жидер рохел дуеги загьир гьабизе бокьун букӏанин, кватӏун кканин, гӏайиб гьабугеян гьелъул роха-хинлъараб гьаракьалъ дагьайго гӏодоеги йиччазаюна.\n— Алхӏамдулиллагь, ниж чӏаго рукӏаго Бакьахакьи колодеги машинаби хьвадулеб шагьранух бахъана. — Гьале, Ахӏмадюсупицаги абулеб буго, бетӏералда Гӏарабил Мухӏамадгун Гьигьалъа Бакьахакьибе нух бахъулаго дагьабниги кумек-квербакъи, дугӏа гьабуразе, нижер хъизамалъул рахъалдасан, газета гьоркьобккун, ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабеян. Нух — гӏумрудул бидурихьинги абулелъул, щиб лъалеб, араб соналъул ахиралда ахирисел «могиканаз» — нижеца рехун тараб росу-кули чӏаголъизеги бегьила. Цин найихъаби рачӏина минаби цӏигьаризе, жидерго найгун рии колода базе, гьезул цӏилъаби рихьун, хӏухьбахъиялъе рукӏинецин цоги росуцоязги рала, цӏигьарила минаби ва цӏидасан чӏаголъила кули. Кулийин абизеги бокьуларо, цо кидаялиго 15-25 цӏалдохъанги, 2-3 учительги вукӏараб школаги букӏиндал гьениб. Гӏададайищ 50 соналъ хӏалтӏарай гьений мугӏалимлъун дунгоги дирго Гъачӏилъанги ячӏун?\nБакьахакьибе сапар\nЦӏумада районалъул Бакьахакьие дун йикӏана 2019 соналда, Лъондодаса Мухӏамад Асадулаевгун, «Надежда» фондалъул вакил Шамил Гӏабашиловгун, Tooba проекталъул гӏуцӏарухъан Рамазан Мажидовгун, журналист-фотограф Олег Пономаревгун цадахъ. Сапар бухьун букӏана Гьадири росдада гъоркье щвезегӏан машинаялда, хадуб лъарккун эхеде, лъелгоги ун. Лъикӏаб гьоболлъи гьабуна нижее Патӏимат-адаца ва Ахӏмадюсуп-дацица.\nГъамсукь росдал бицунел рукӏунин нуж, гьелдаса къураб бакӏ щибин бугеб нижер Бакьахакьиялъулин абун букӏана, сверухъ бугеб берцинлъиялъ, хасго «ганчӏазде сверарал» щурункъуркъбуца асир гьаюрай дица гьалбадерида. Дида тӏоцере гьенир рихьана септария тайпаялъул ва щурункъуркъбузул агат (септария и черепаховый агат) абун цӏар тарал ганчӏал. Дидасаги цӏикӏкӏун гьезул интерес букӏана гьалбадериеги.\n— Рикӏкӏадаб Хушетибегицин шагьранух бахъидал, нижерги хьул букӏана Бакьахакьиги щвелин автотранспорт, — ан бицана Ахӏмадюсуп Сажидовас. — Районалъул росабалъе нухал рахъизе ва ток бачине байбихьаралдаса нахъе росуцоязул анищлъунги букӏана нух. Кинго гьеб бахъиялде хӏукуматалъул квер щвечӏо, хӏамуздагун чуязда хъизан-лъималги рекӏинарун, тӏоцебесеб хӏажалъиялъул къайи-къоноги босун, цоял — Гьадирисан, цогидал — Гьигьалъан ун, байбихьана цо-цоккун гӏатӏиракьалде гочине. Хушетдерил гӏадинаб, гӏумруялъе хӏинкъи цӏикӏкӏараб букӏинчӏо нижер сухъмахънух, амма щибха бащалъилеб шагьраялда? Нух бахъун хадусел къоязго, тохлъукьего чӏвараб унтуца, нижги къватӏире рахъине ккана росулъа.\nНайихъан ва гӏуцӏарухъан Гӏарабил Мухӏамад\nГьанже лъай-хъвай гьабилин аслияв гӏуцӏарухъан Гӏарабил Мухӏамадилгунги, нух бахъиялъе гӏемераб хӏаракат бахъарав чи вугелъул гьев. Гьев вуго гӏелмуялда тӏад чӏарав, гӏолохъанаб заманалдаго росдае дибирлъи гьабурав, хӏажалъи ккаралъуве хӏалае вахъунев, сабураб гӏамал-хасияталъул сахаватав инсан. Найихъабазул къокъадул цевехъаниланги абула гьесда.\n— Мухӏамад, Аллагьас баракатаб батаги шагьранухги, рохалие гурони хьвадизеги ккогеги. Аслияб жо, росу цӏилъизе сабаблъун ккаги. Нух бахъизе пикру кин ккараб, кин бугониги, бигьаяб иш гурелъул кьураби гӏанлъун, мугӏрул гелун, дагьабниги санагӏалъи бугеб бакӏ балагьун нух бахъи?\n— Гьеб буго умумузулго букӏараб анищ. Гьудул-гьалмагълъиялъги, лъале-хъвалезги, тӏолалго районцоязго кумек гьабуна ва, трактористасда хадуб ахирисеб газаги кӏутӏун, нухлул хӏалги бихьун гурони, нахъеги инчӏо. Кинха вохиларев Аллагьасул кириги, халкъалъул баркалаги цӏикӏкӏараб иш гьабизе Бетӏергьанас нижее рес кьеялдаса? Дуца абухъе, щиб лъалеб, росдалги магӏарухълъиялъулги магӏна лъалел, гьелъул берцинлъи бихьарал росуцоял тӏадруссун рачӏинчӏониги, риидал хӏухьбахъиялъе рачӏинецин цӏигьаризе ратила чӏвадназде сверарал умумузул минаби. Найихъабазул къокъа буго нижер гӏезегӏан чи жанив вугев. Щивас абулеб буго найги бачун рачӏиндал рукӏине цо-цониги рукъ къачӏазе бугилан. Абухъего, мугӏрул регула церехун унез. Ниж церехун ана ва сапаралъул доб рагӏалде щвана. Гьигьалъдерил жамагӏаталъеги баркала, Аллагьасе гӏоло нигатги гьабун, нухлуе ракь кьуралъухъ.\n— Кигӏан мех араб нух бахъулаго?\n— Нух бахъизе байбихьилалде цебеккунго дица гӏарац бакӏаризе ккезе бугин абун лъазабун букӏана мажгитаздаги ватсапалдасанги. Тӏолабго Россиялдасанго абуниги бегьила, битӏун бачӏана гӏарац. Гӏезегӏан кумек ккана трактор ижараялъе кьурав Тӏадгьаквариса Шамилица ижараялъухъ босулеб гӏарцул къадар жиндирги садакъа букӏунин гьединаб хӏалтӏулъинги абун, дагь гьабиялъ. Ансалтӏаса тракторист Шейхмухӏамадида дандги бан, хӏажатаб балагьана, босана ва тӏаделъана хӏалтӏуде. Дунял квачалелде, ай ноябралъул байбихьуде нух бахъун лъугӏана. Кӏиго моцӏалъ тӏадчӏун хӏалтӏана гьенир.\n— Садакъа балъго букӏине кколин абуниги, аслиял спонсораллъун щал рукӏаралали лъазе бокьилаан?\n— Дица тӏадехун рехсана кумек гьабуралщинал, цӏарал ккун абичӏониги. Тӏоцебе баркала росдал бегавул Рабадан Гъазимухӏамадовасе. Хадуб баркала, кӏалалъгун квералъ кумек гьабурал Хӏажимурад Шайхулисламовасе, Садикъ Гъазиевасе, Нурулагь Нурулаевасе. Гьел гӏолохъабазул кумек букӏинчӏебани гӏемерго захӏмалъилаан гьаб хӏалтӏи. Баркала буго мадугьалзаби — Гьадири, Бакьахакьи, Гъачӏилъ, Гьигьалъ-Гӏурухъ росабазул жамагӏатазе ва тӏолалго районцоязе.\n— Дур пикруялда, щибха хисилеб росулъ гьанже?\n— Ахирги тӏубана умумузулги, жакъа рахъ-рахъазде рикьарал бакьахакьисезулги, гьездаго гъорлъ «ахирисев могиканлъун» вугев Ахӏмадюсуп Сажидовасул хъизамалъулги мурад. Киданиги берзукьа инаро гьесул ва Патӏиматил бадиса баккараб рохалилги пашманлъиялъулги магӏу. Рохалил бичӏчӏана щаяли. Щай пашманлъиялъул? Щайгурелъул, чанги церечӏун ратила умумулги, росуцоялгун гӏага-божаралги гьеб талихӏаб къо бихьичӏого ахираталде арал, чӏаго рукӏаниги, бихьизе рес ккечӏел росуцоял. Гьезул рохалил магӏуялъулъ дагьабниги дирги, дида цадахъ рахъунчӏаразулги бутӏа букӏиналдаса вохаравги вуго. Цо лахӏзаталъгицин рекӏекълъичӏо ва асар ккечӏо гьеб бахъиялда гӏахьаллъиялдаса, гьелъул гӏаксалда, вохарав ва чӏухӏарав вуго.\nХиса-басиялъул бицине цудунго букӏаниги, абила, нух бахъизе байбихьилалдего Гъизляралда чӏарал росуцояз абуна умумузул минаби цӏигьаризе байбихьизе бугин их щварабго. Гьелдасанго бичӏчӏулеб гьечӏищха росулъ ккезе ругел хиса-басиял. Божи буго гьенибги цӏидасан рагӏилин лъималазул чӏиргъи-хъуйги, цӏилъилин, чӏаголъилин жакъа чӏобоголъун бугеб росугиян.\n— Транспорт хӏинкъи гьечӏого хьвадиялъул рахъги рагьун, нухлул хӏакъалъулъги абеха цо-кӏиго рагӏи.\n— Батӏи-батӏиял рахъалги хӏисабалде росун, бищун хӏинкъи гьечӏебги, къокъабги, квалквал гьечӏебги буго гьеб. Гьебго бицана трактористасги. Щибго квалквал гьечӏеб, транспорт хьвадизе ярагьунеб шагьра буго гьеб. Хӏисабалде росана лъим чвахулел бакӏалги. Цо бакӏалда гьабуна сверел (водоотвод), дунял хинлъидал гьабизе абун тарабги буго кӏиго-лъабго гьединабго бакӏ рекъезабизе кколеб, доб мехалъ цо-цо квач цӏикӏкӏаралги къоял камичӏелъулха, гӏададисеб хӏалтӏи ккечӏого букӏине, жибго тана. Цо анкьалъ гьабизе хӏалтӏи хутӏун бугин абила гьениб, цинги букӏинарищха нух рагьиялъул рохалил тадбирги. Жакъа къоялдаги, щибаб къоялъин абуниги бегьила, хьвадулеб транспортги буго гьенибе, гьелъ лъикӏаб «михир бачинги» ккеларищха нухлуеги ракь щулалъиялъеги, цӏадал ралалде хӏарщ гӏемер букӏунаредухъ. Гӏатӏилъи-гӏеблъиги гьелъул щуго метр буго. Буго нижер, найихъаби-росуцоязул, хас гьабун нухалъе абун рагьараб гӏарцулаб фондги, нухлул киналгӏаги харжал гьениса рукӏине руго.\nНагагь ккани, жидерго садакъа-хайрат нухалъе биччазе бокьарал чагӏи, картадул номерги хъван теха бокьарасе букӏине. Гьале гьеб: 2202208315406802.\nХадижат Залимханова"}
{"slug": "becheli", "url": "https://hakikat.info/?nationals=becheli", "title": "Бечелъи", "date": "2026-03-17 09:20:06", "categories": ["kultur", "magiarul-margabi"], "text": "Дагьал церегӏан къоязда редакциялде жиндирго сатириял маргьабигун, хъвай-хъвагӏаялгун вачӏана гьанжего гьанже 73 сон тӏубарав «гӏолохъанав» хъвадарухъан-сатирик Хӏажиев Хӏажияв. Гьев ккола Гӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъ росулъа.\nЦо-цо номеразда кьезе руго Хӏажиясул маргьабигун асарал.\nЛъарал рагӏалда, гьитӏинаб гохӏда язихъаб гӏумруялда рукӏанила яшав гьабулел цо цӏунцӏраги гьесул чӏужуги. Гьезие цӏакъ рокьун рукӏанила жидерго лъимал рукӏине, амма, цӏакъго мискинаб гӏумру букӏиналъ, рес рекъолеб букӏинчӏила лъимал хьихьизе. Жидеего кӏиязегоцин гӏолеб букӏинчӏила квине жо. Кутакаб ракъиялда рукӏанила рос-лъади. Рес къотӏун, ракъун хвеялдаса хӏинкъун кӏиялго унаанила мадугьалзабазухъе гьардезе. Амма гьел цӏунцӏраби рукӏанила Аллагьасда божилъи бугел. Гьез гьарулеб букӏанила Аллагьасда гурхӏел ва цодагьабниги бечелъи кьеян. Гьезул гьари Аллагьас къабул гьабураб гӏадин, цо пуланаб риидалил къоялъ, багӏариялъухъ балагьичӏого, цӏакъго ресги къотӏун, бахъанила гӏорккун къватӏибе бихьинаб цӏунцӏра, цо щибниги кваназе щвелародаян абун. Квине жо цӏехолаго, сваканила цӏунцӏра ва, щибниги батуларого, цодагьалъ хӏухьбахъизе лъикӏин, гӏодоб чӏанила. Цӏунцӏраялда хӏатӏазда гъоркь бихьанила цо цӏвакараб жо. Хал-шал гьабидал, бугила маххул гӏарац. Цӏунцӏра цӏакъ боханила, лъугьанила кьурдизе, дун бечелъана, дун бечелъанаян абун. Аллагьасда рагӏанин жиндир гьарийин абун, ракӏбохиялъ ахӏдолеб бугила цӏунцӏра. Банила гьез гӏодоб батараб гӏарцухъ цӏияб мина. Босанила рокъоб лъезе цӏияб къайи-къоно, цӏезабунила цагъур квана-гьекъолеб сурсаталъул. Гӏарцуца гӏамал хисизабулин абухъего, рехун танила цӏунцӏрабаз как бай. Сундуейин как балеб Аллагьас жиндие къваригӏарабщинаб жо кьун бугин абун. Бихьинаб цӏунцӏраги тӏокӏаб жиб мажгиталде инарин чӏанила. Щайин жиб гьал мискин-пакъиралгун аскӏоб чӏезе кколебин абун лъугьанила. Бечелъиялъ тӏубан гӏамал хисанила рос-лъадиялъул. Лъугьанила гьел ракӏчӏухӏараллъун, гӏамал батӏияллъун. Цереккун жал гьардезе унел рукӏарал цӏунцӏрабигун хвезе гьабунила гьудуллъи. Мадугьалихъ ругел жидехъе гьардезе рачӏарал лъимал ганчӏица нахъе къотӏулел рукӏанила, тӏокӏалъ жидер къавудухъе рачӏунгеян. Тӏубанго гьоркьоблъи хвезабунила жидерго гӏагарлъигун ва мадугьалзабигун. Жалго гӏадал цӏунцӏрабигун гьудуллъи гьабизе чӏухӏун, хӏутӏ-хъумургун гьалмагълъи ккунила.\nБичӏчӏанила Аллагьасда гьел цӏунцӏрабазул жинда гьабураб божилъи гьересияб букӏараблъи.\nЦо пуланаб къоялъ, кидаго гӏадин, гарцӏица кьолеб букӏараб концерталдаса рокъоре рачӏунел ругила рос-лъади. Жидерго рукъ букӏараб бакӏ лъахъван гӏоралъ ун батанила гьезда. Ва хутӏанила цӏунцӏраби, церего гӏадин, щибниги жо гьечӏого, язихъго. Рес къотӏун, гьанжеги, церего гӏадин, гьардезе ине байбихьанила гьез. Гьабсагӏатги хьвадулел ругила гьел гьардезе, амма, гьезул гӏамалги бичӏчӏун, лъицаниги щибниги кьоларила гьезие.\nДир маргьаялъул магӏна:\nИмам Шамилил рагӏаби — Тӏадегӏан вахиндал, гӏодове виччай. Къуватавлъун лъугьараб мехалъ, гурхӏел бугевлъун вукӏа."}
{"slug": "laj-keyalde-koleb-kivar", "url": "https://hakikat.info/?nationals=laj-keyalde-koleb-kivar", "title": "Лъай кьеялде кьолеб кӏвар", "date": "2026-04-02 09:14:19", "categories": ["obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул хӏисабкьеялда тӏасан пикраби\nДагъистаналъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щибабсонилаб хӏисабкьейгун вахъана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатазда цеве. Гьединаб тадбир бихьизабун буго Дагъистан Республикаялъул Конституциялда.\nХӏисабкьеялъул докладалда гьес тӏадчӏей гьабуна 2025 соналда ва араб щуго соналда жаниб республикаялъул социалиябгун экономикияб гӏумруялда ккарал кӏвар бугел хиса-басиязул аслиял рахъазда. Чӏванкъотӏарал мисалаздалъун ва тарихаздалъун Гӏабдулмуслим Мухӏудиновичас бихьизабуна хӏукуматалъул хӏалтӏи республикаялъул гражданазе социалияб рахъалъ кьураб рагӏи тӏубазабиялде буссинабун букӏараблъи.\n2025 соналда гӏаммаб регионалияб продукталъул къадар гӏагарлъун буго 1,3 триллион гъурщиде, гьебги ккола, цебесеб соналде дандеккун, 3,1 проценталъ цӏикӏкӏун.\nРосдал магӏишаталда, бакӏал раялда, туризмалда, промышленнияб производствоялда, гӏадамал хӏалтӏудалъун хьезариялда, даран-базар гьабиялда, жамгӏияб квана-гьекъей гӏуцӏиялда сверухъ гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ мухӏканаб доклад гьабуна хӏукуматалъул нухмалъулес.\nАхирал соназда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго республикаялда лъай кьеялъул рахъ цебетӏеялде. Гӏицӏго араб соналда рагьун буго 5440 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 15 цӏияб школа ва 850 лъимералъе бакӏ бугеб 5 лъималазул ах. Ралел руго жеги 19 цӏияб школа ва 12 лъималазул ах. Гьелдаго цадахъ кьучӏдасанго, рагӏа-ракьанде щун, къачӏан буго ичӏго школа ва кӏиго лъималазул ах. «Росдал учитель» абураб программаялда рекъон, росабазул школазда хӏалтӏизе витӏун вуго 10 учитель, 2019 соналдаса 2025 соналде щвезегӏан – кинавниги 430 учитель. Лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб буго школлъималазул профориентациялда хурхунги. Республикаялда рагьун буго 84 агрокласс, 15 инженерлъиялъул класс, медицинаялъул – лъабго ва туризмалъул – 12. Кӏвар кьолеб буго лъималазул риидалил хӏухьбахъи гӏуцӏиялде: сахлъи цӏуниялъулгун спортивияб лагералде витӏун вуго 39 азарго цӏалдохъан, къачӏалеб буго жеги 13 азарго лъимералъ хӏухьбахъи гьабизе бегьулеб сахлъи цӏуниялъулгун хӏухьбахъиялъул ичӏго бакӏ.\nГӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго цӏалдохъабазе патриотлъиялъулаб тарбия кьеялъул рахъалдаги. Республикаялъул школазда рагьун буго 3344 Бахӏарчиясул парта, 731 школалда лъун руго ракӏалде щвеялъул мемориалиял хъарщал. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 80 сон тӏубаялъул юбилеялъул тадбиразда гӏахьаллъун вуго 675 азаргогӏанасев цӏалдохъан.\nГӏ. Гӏабдулмуслимовас баркала кьуна депутатазе цадахъаб хӏалтӏиялъухъ ва гьабулеб кумекалъухъ, божилъи загьир гьабуна хадубккун республика цебетӏеялъулъ, ругел гӏунгутӏаби лъугӏизариялъулъ, пайда босичӏого хутӏарал ресал тӏатинариялъулъ ва гьездаса рагӏа-ракьанде щун пайда босиялъулъ цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏизе бажариялде.\nЭкономика\nБокьараб пачалихъалъул, жамгӏияталъул, гьитӏинаб-кӏудияб гӏуцӏиялъул кьучӏлъун ккола экономика. Гьелда тӏад «бижула» кинабго гӏумру-магӏишат. Гьелъулги кьучӏ буго (мисалалъе, регион босани) ВРП, ай валовияб регионалияб продукт — лъагӏалида жаниб республикаялда къватӏибе биччараб, гӏезабураб ва къачӏараб кинабго продукциялъул, рарал бакӏазул, тӏурарал хъулухъазул ва бича-хисиялъул гӏаммаб багьа. Халкъияб Собраниялъул сессиялда цебе ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас кьураб хӏисабалда гьес рехсараб ВРПялъул (2025 сонилаб) къадаралъ — 1,3 триллион гъурущ (цебесеб соналда данде 3 проценталъ цӏикӏкӏун), бицуна гӏемераб. Гьеб ккола кӏудияб къадар, гьелъ мухӏканго бихьизабула нилъер экономикаялда бугеб ахӏвал-хӏал, гьелъул киналго рахъазда бугеб рагъа-рачари, хӏакъго гьелъие лъезе бегьула мадараб къимат. Гӏемералъе къимат кьолеб, гьаниб бугеб «гьава-бакъ» бицунеб гӏаламатлъун ккола инвестициялги, гьезул къадар гъоркьиса бахун буго 540 миллиард гъурщиде (цебесеб соналда дандеккун 26,4 проценталъ цӏикӏкӏун). Росдал магӏишат ккола республикаялъул экономикаялъул аслиял бутӏабазул цояблъун (ралел бакӏазул магӏишат, бича-хиси ва гьезда хадуб росдал магӏишат). Гьелъги гъоркьиса рихьизаруна гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал, гьелъ гӏезарурал ва къачӏарал нигӏматазул багьа бахана 275,3 миллиард гъурщиде (3,1 проценталъ цӏикӏкӏун). Гьелда цадахъго АПКаялъе квербакъи хӏисабалда пачалихъалъ биччана 2,8 миллиард гъурущ (гьезда гьоркьоса 2,6 миллиард ккола федералияб бюджеталъул гӏарац). Нилъго хьезари гуреб, нилъер аграриязул продукция (гӏиял гьан, ччугӏа, пиринчӏ ва гь.ц.) уна (къадар кӏудияб гьечӏониги) къватӏисел пачалихъаздеги — мадугьалихъ ругездаса байбихьун гӏарабазул пачалихъазде, Индиягун Китаялде гӏунтӏун.\nГӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул хӏисабкьеялда хурхун, ДРялъул росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Шамил Рамазановас загьир гьабуна гьадинаб пикру.\n— Исанасеб хӏисабалъул букӏана цӏакъго пайдаяб кӏиго хаслъи — премьерасда цадахъго жиде-жидер бутӏабазул хӏисабал кьуна гьесул заместителазги. Кӏиабилеб, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана цохӏо 2025 соналъул хӏасилазул гуребги, ахирал соназда гьабуралъул ва хадуб гьабизе бугелъулги хӏакъалъулъ. Хӏисабкьеялда рехсарал тарихаз бихьизабуна АПК цебетӏолеб бугеб куц, хӏакъикъаталдаги кинабго буго гьедин, ниж хӏалтӏулел руго хадубккунги гьеб дагьабги лъикӏаб букӏинабиялда тӏад.\nГьебго министерствоялъул Жамгӏияб Советалъул нухмалъулев Вагьаб Казибековас абуна:\n— Хӏукуматалъул председателасул хӏисабкьей буго жамгӏияталда цебе нилъер нухмалъи рагьараблъун букӏиналъул, гьел цоцазда рихьулел, рагӏулел ва ричӏчӏулел рукӏиналъул гӏаламат. Гьеб киналъго нилъее рес кьола ругел масъалаби лъазе ва загьир гьаризе, тӏуразе хӏажатал суалал рорхизе. Нилъеда цоги нухалъ бихьана АПКялъул бугеб кӏвар, гьелъие федералияб централъ ва министерствабаз, республикаялъул нухмалъиялъ гьабулеб бугеб кумек.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "reczczale-mustahӏikav-insan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=reczczale-mustahӏikav-insan", "title": "Реццалъе мустахӏикъав инсан", "date": "2026-04-02 18:03:27", "categories": ["insan", "obshestvo"], "text": "Исана 85 сон тӏубана машгьурав тохтур, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Мухӏамад Гӏабдулхабиров гьавуралдаса.\nГьайбатаб студентлъи\nМухӏамад гьавуна 1941 соналда Цӏумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъ. Гьес лъугӏизабуна Агъвали росдал школа. «Агъвали росдал школалъул тарихалда дир цӏар хъвана тӏокӏлъиялда гьеб лъугӏизабураб тӏоцевесев цӏалдохъан хӏисабалда. Гьелдалъун рес щвана бокьараб институталде, экзаменалги кьечӏого, цӏализе лъугьине. Амма Махӏачхъалаялде ине дир гӏарац букӏинчӏо: дун вукӏана бесдал лъимер. Дун витӏана Гьигьалъ росдал анкьгосонилаб школалда байбихьул классазул учительлъун хӏалтӏизе», — ян ракӏалдещвезабуна М. Гӏабдулхабировас.\nГьев хӏалтӏулаан, жинца гьабулеб ишалъул кӏудияб жавабчилъи букӏинги бичӏчӏун. Лъай букӏине кколеблъиги лъан, гьев лъугьана ДГУялде заочно цӏализе. Тӏаса бищана химиялъулгун биологиялъул факультет. Цо нухалда цадахъ хӏалтӏулел гӏурус учительзабаз Мухӏамадида абуна: «Пенсионер гӏадин заочно щай мун цӏалулев? Очно цӏализе а, дуда бихьила студентазул гӏумруялъул гьайбатлъи!» — ян. Гьесги малъараб гьабуна ва ана мединституталде. Гьенибги загьирлъана Гӏабдулхабировасул жавабчилъиги жигарги.\nМединституталда цӏалун вахъиндал, жиндиего бокьун, Мухӏамад ана Владимир областалде тохтурлъун хӏалтӏизе. «Гӏурус учительзабаз кантӏизавуна дун студентасул гӏумруялъул хӏалбихьизе. Дие гьабураб лъикӏлъиялъухъ дицаги лъикӏлъи гьабизе ккола – гьедин куцана дун. Дагъистаналъул мугӏрузул росабалъе хӏалтӏизе рачӏарал гӏурус учительзабазеги тохтурзабазеги баркала хӏисабалда тӏаса бищана гӏурус халкъалъе медицинаялъулаб кумек гьаби. Захӏматаб хӏалалъухъги, гӏумру гьабиялъе шартӏал гьечӏолъиялъухъги балагьичӏого, мугӏрузулаб улкаялъе кумекалъе рахъарал гьезул бахӏарчияб иш нилъеда киданиги кӏочене бегьуларо», — ян бицана Мухӏамадица.\nЦӏараб болжалалда Владимир областалдаги хӏалтӏун, М. Гӏабдулхабиров тӏадвуссана Дагъистаналде. Хӏалтӏана Цӏумада райбольницаялда цин хирурглъун, хадув — бетӏерав тохтурасул заместительлъун. Кватӏичӏого ана Москваялъул кӏиабилеб мединституталъул травматологиялъулгун ортопедиялъул ва рагъулабгун авлахъалъулаб хирургиялъул кафедраялъул аспирантураялде цӏализе ва 1971 соналда цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. Москваялда гӏумру гьабизе ракӏалда букӏинчӏо гьесда. Амма къисматалъ гьесул кӏиабилеб ватӏанлъунги гӏумрудул гьулаклъунги насиб гьабун батана нилъер кӏудияб улкаялъул тахшагьар. 1996 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул университеталда (РУДН), травматологиялъул ва ортопедиялъул кафедраялда доцентлъун. Гӏемерал соназ вукӏана гьев рехсараб факультеталъул Гӏелмияб советалъул членлъунги, Сириялда ва Турциялда ругел «Аль-Салям» абураб госпиталалъул гӏакълучилъунги.\nМухӏамад Гӏабдулхабировас хъвана хирургиялъулги, травматологиялъулги ва ортопедиялъулги, гьединго медицинаялъул тарихалъулги хӏакъалъулъ бицунеб лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб макъала. Гьес ургъана хирургасул хӏалтӏи бигьалъизабулеб ва унтарасе пайдаяб 17 цӏияб къагӏида, загьир гьабуна хӏалтӏуе санагӏатаб 60 пикру. Гьединал цӏирагьиязухъ Мухӏамад мустахӏикълъана «Россиялда травматология цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏаялъухъ» абураб дипломалъе.\nМ. Гӏабдулхабиров гӏахьаллъула Россиялъулги халкъазда гьоркьоселги гӏелмиял дандеруссиназда, симпозиумазда ва гьенив кӏалъазе вахъуна, инсанасул мугъзагьодалъулги цогидалги унтаби сах гьариялъул къагӏидабазул хӏакъалъулъ бицун.\nГӏалимчиясул жамгӏияб хӏаракат\nГӏалимчи, преподаватель, тохтур – кин гьесул заман гӏолеб жамгӏиял ишазулъ гӏахьаллъизеян гӏемер пикру гьабула дица. Щайгурелъул щибаб соналъул риидал гьев вачӏуна Дагъистаналде, щола унтаразухъе, бесдалазухъе, туснахъалда ругезухъе, гӏахьаллъула адабияталъулги маданияталъулги тадбиразда ва жинцагоги гӏуцӏула гьел. Хӏисаб гьабеха, Мухӏамад ккола «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» абураб жамгӏияб хӏаракаталъул учредитель. Гьес чӏезаруна «Бакъ» абураб лъималазул ва «Тӏадруссин» абураб чӏахӏиязул литературиял премиял. Гьес гӏуцӏана «Гӏумруялъул этика» абураб халкъазда гьоркьосеб клуб, рагьана «Дагъистаналъул мугӏрул хириязул жамгӏият» ва «Москваялъулгун Дагъистаналъул медиказул ассоциация». Гьелгощинал гӏуцӏаби рагьун гӏоларо – гьезда хадуб халкквезеги, гьел хӏалтӏизаризеги ккола. Ахирал соназда Цӏумада районалда гьес тӏоритӏана республикаялъулго кӏваралъул тадбирал – рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул хӏурматалда гӏуцӏараб мемориал. Гьелъие щибаб магӏарул росулъа гьес бачӏинабуна рагъул гӏахьалчагӏазул цӏарал тӏад хъвараб гамачӏ. Бана магӏарул мацӏалъул алфавиталъе памятник. Цӏумада районалъул мугӏрузул цо тӏогьалда лъуна Расул Хӏамзатовасул цӏар. Гъуниб районалъул Салтӏа росулъ бана машгьурав хирург Николай Пироговасе памятник, Кавказалъул рагъул заманалда гьенив хӏалтӏулев вукӏарав тохтурасул 200-сонилаб юбилеялде. Хӏадурула басмаялде рахъизе тӏахьал. Мухӏамад ккола «Жизнь оставляю вам…» абураб документалияб фильмалъул сценариялъул авторги. Гьеб бахъана, Белоруссиялдасаги ячӏун, Цӏумада районалда хӏалтӏулей йикӏарай медсестра Ася Денисонкол хӏакъалъулъ. Гӏумруялъе хӏинкъи бугел сухъмахъаздасан машинадул нух гьечӏеб Хушет росулъе унтарасухъе унаго, кьурсаги йортун, хвана Ася. Амма гьей цӏумадисезда жеги кӏочон гьечӏо. Мухӏамадица хӏаракат гьабуна гьелъул цӏар даимлъизабизе.\nГӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго гьев хӏалхьи лъаларев ва кутакалда ватӏан хирияв инсанас. Бищунго цӏикӏкӏараб кӏваралъул ишлъун дица тола Москваялда, Мухӏамадил хӏаракаталдалъун, «Дагъистан» абураб маданияталъул центр рагьи. Чамалиго соналъ гьелъие нухмалъиги гьабуна гьес. «Дагъистаналъул маданияб центр рагьизе дун кантӏизавуна балагьаб лъугьа-бахъиналъ. Кӏудияб гӏелалда ракӏалда батила, ракьбагъариялъул хӏасилалда Армениялъул Спитак шагьаралде бачӏун букӏараб балагь. Гьеб заманалда дида бихьана дунялалъулго эрмениязул цолъиялъул къуват. Доб заманалда Москваялда букӏинчӏо, къварилъи ккани, кумек гьарун ине бегьулеб нилъер ракьцоязул гӏуцӏи. «Нагагь Дагъистаналда гьединаб балагь ккани, гьелъие кумек гьабиялъул иш лъица гӏуцӏизе бугеб Москваялда?» — абураб пикруялъ рахӏатхун вукӏана. Гьелде тӏадеги, бокьун букӏана Москваялда ругел дагъистаниязда гьоркьоб бухьен щулалъизабизеги. Гьедин, 1989 соналъул 11 февралалда Москваялда рагьана Дагъистаналъул маданияб центр.\nГьеб букӏана Совет Союзалъул тарихалда рагьараб тӏоцебесеб миллияб маданияб центр. Дие кумек гьабуна Москва шагьаралъул компартиялъул комитеталъги Москва шагьаралъул советалъги. Нижер уставалъул кьучӏалда хадурккун хъвана цогидал миллатазул маданиял центразул уставал. Кӏудияб хӏалтӏи гьабулаан нижеца!\nДир гьариялда рекъон, Москваялъул мэр Юрий Лужковас рагьана Дагъистаналъул тарихги, маданиятги, мацӏалги малъулеб гьатӏанкъоялъулаб школаги. Учительзабазе лъикӏаб харжги кьолеб букӏана Москваялъул хӏукуматалъ. Россиялда гӏадинаб, халкъазул маданияталде гьединаб пачалихъияб бербалагьи цониги улкаялда гьечӏо – гьеб кӏочене бегьуларо нилъеда», — ян бицана М. Гӏабдулхабировас.\nЛъикӏлъи бекье ракьалда\nТӏоцебесеб нухалда дида Мухӏамад вихьана «Хӏакъикъаталъул» редакциялда. Гьоболлъухъе вачӏарав гьесулгун гара-чӏвари гьабуна ва жеги кӏочонаро гьес бицараб гьадинаб хабар: «Мединституталда цӏалулаго, дун ана Шамил районалъул Гьидалъе – кутакалда бокьун букӏана нилъер халкъалъул гвангъараб цӏвалъун кколев генерал-полковник Мухӏамад Танкаевасул ватӏан бихьизе. Щвана гьесул рокъове, гьений ятана гьесул яц Патӏимат. Гьелъ кӏудияб адабалда гьоболлъи гьабуна дие. Дун нухарегӏулаго, гьелъ дие кьуна 10 гъурущ. Бесдаллъуда гӏурав ресукъав студентасе гьеб букӏана цӏакъ кӏудияб сайгъат! Гьеб буго нилъер умумузул гӏаданлъиялъул, сахаватлъиялъул, инсан вокьиялъул игӏлан. Гьеб лъугьа-бахъиналъ дун кантӏизавуна гӏаданлъи цӏунизе, дихъа бажарараб кумек цогидазе гьабизе. Лъикӏлъи гьабе – гьеб кидаго батула нилъеда, дандерижилъунги лъикӏлъи букӏунелъул», — ан.\nСонал ана ва Танкаевасул цӏаралда бугеб музеялъе сайгъат гьабуна Мухӏамадица доб 10 гъурущ. Гьеб музеялъе берцинаб хьонбакӏги кьуна. Цо чанго соналъ цеве гьев кӏалъана дихъе, Махӏмудил цӏаралда бугеб Хъахӏабросдал музеялъе цогӏаги тӏагӏел сайгъат гьабизе бокьун бугилан абун. Гьебги батана иргадулаб пайдаяб ишалъул байбихьи: магӏарул росабазул музеязе хьонбакӏал сайгъат гьари. Гьединал хьонбакӏал сайгъат гьаруна Гъуниб, Салтӏа, Сугъралъ, Гъарабудагъкент, Болъихъ, Рахатӏа, Чӏарада, Цӏада, Хъахӏабросу, Гьаквари, Агъвали, Хуштада, Шодрода – кинабниги 40-ялдасаги цӏикӏкӏун Дагъистаналъул росдал музеялъе.\nРатана Мухӏамадида лъикӏлъи гьабиялъе батӏи-батӏиял нухалги. Масала, гьес чӏезабуна «Шамсият» абураб рахӏмуялъулаб премия: гьеб кьола гӏемерал соназ унтарасул тӏалаб гьабурал гӏадамазе. Ракӏалда буго: гьеб премия кьуна «Дагестанская правда» газеталъул бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъеги – унтарай эбелалъул тӏалаб гьабиялъухъ. Ракӏбатулеб рагӏи бицуна гьес туснахъалде ккараздаги, бесдалазул рокъор хьихьулел лъималаздаги; кумекалъул квер бегьула къварилъи ккаразухъеги. Гьес чӏезабуна гӏелмуялъул ва технологиязул рахъалъ премия – гьеб кьола гӏелмабазул кандидатлъиялъе яги докторлъиялъе диссертация цӏунарав Цӏумада районалъул вакиласе.\nГьабсагӏаталда М. Гӏабдулхабировас хӏадурулеб буго Хъахӏабросулъа Махӏмудилги Расул Хӏамзатовасулги творчествоялъул хӏакъалъулъ хъварал макъалабазул мажмугӏ. Дагьалъ цеве гьев вищана къватӏисеб улкаялъул гӏелмияб журналалъул редакциялъул советалде. Гьанжеги цӏияб пикру бижана гьесул ботӏролъ: дунялалъул халкъазул гьечӏеб Дагъистаналъул къанагӏатаб махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ макъалаби гьеб журналалда рахъизе.\nКагътиде щущалин пашманаб пикру…\nМ. Гӏабдулхабировасул гӏумру унеб буго Москваялда, амма гьесул ракӏ даим буго Дагъистангун, гӏагараб магӏарухълъигун. Гьесул жигаралдалъун, 2026 соналъул ункъабилеб июлалда Агъвали росулъ букӏине буго шахматазул турнир. Гьеб тӏобитӏизе буго цӏалдохъабазда гьоркьоб, СВОялда чӏварал цӏумадисезул хӏурматалда. Микьабилеб сентябралда Гьаквари росдал школалда рагьила «Чӏамалисезул мацӏ ва алфавит» абураб памятник. Дунялалда гьединаб памятник гьечӏо!\n«Дица дарсал кьола 160 улкаялдаса рачӏарал студентазегун ординаторазе. Лъала, щибаб соналда тӏагӏунел руго рикӏкӏен дагьал халкъазул мацӏал. Цӏалана Баграт Шинкубаца хъвараб «Последний из ушедших» абураб тӏехь – гьес кӏудияб пашманлъигун бицунеб буго убыхазул мацӏ тӏагӏиналъул хӏакъалъулъ. Жакъа гьечӏо гьеб мацӏ ва гьеб мацӏалда кӏалъалев чи. Тӏалаб гьабичӏого тани, тӏагӏине руго хъвай-хъвагӏай гьечӏел (чӏамалазул, багвалазул, тӏиндисезул ва гь.ц.) гурелги, магӏарул болмацӏги. Гьелъие квербакъула урбанизациялъ – рижараб ракьги рехун тун, гӏатӏиракьалде, шагьаразде гӏадамал гочиналъ», — ан бицана М. Гӏабдулхабировас.\nГӏагараб ракьалде бугеб рокьуца тӏамуна гьев Гьаквари росулъ цоги памятник базе. Гьелда лъуна «Бесдаллъарал кулаби» абураб цӏар. Гьелда хъван буго биххараб 119 кулиялъул цӏар. «Гьезда цадахъ тӏагӏунел руго нилъер умумузул тарих, рукӏа-рахъиналъул гӏадатал, гьез хӏалтӏизарулел рукӏарал тӏагӏел-алатазул цӏарал. Руцӏцӏун чӏезе бегьуларо нилъ! Нилъер руцӏцӏунчӏеялъул хӏасил ккола, берцинаб миллияб парталалъул бакӏалда нилъер руччабаз чӏегӏераб ретӏел ретӏин. Исламалъулгун кинабгӏаги бухьен гьечӏо гьелъул – гьеб буго бедуиназул партал.\nРосабалъ хӏалтӏулел гьечӏо клубал, гьукъун буго миллияб кечӏ ахӏизе, кьурдизе, хӏатта школаздацин. Ричулел руго квералъ хъварал Къуръанал. Миллаталде данде гьабулеб такъсир буго гьеб. Бегьуларо, магӏарул халкъалъул маданияталдаги, гӏадатаздаги, тарихалдаги, берцинлъигун яхӏ-намусалдаги тӏад михир бачунеб мехалда, руцӏцӏун чӏезе!\nБегьуларо чияр маданияталъул лагъзаллъун рукӏине! Магӏарул хъизамалда мегеж кӏвачӏого толаан инсуца — хъизамалъул кӏудиявги къадру-адабалъе мустахӏикъавги вукӏиналъул гӏаламат хӏисабалда. Эмен хведал, кӏудияв вацас толаан мегеж — гьеб букӏана инсулаб тӏалабчилъи жинде ккараблъи загьир гьаби. Гьесдаса гьитӏинал вацазе гьукъараб букӏана мегеж тей. Гьанже бугеб гӏала-гъважаялъ ракӏунтизабула дир. Нилъеца нилъерабго цӏуничӏони, цогидазги гьеб цӏунуларо! Жинцаго жиндир къимат гьабулареб халкъ цогидазеги къиматаблъун букӏунаро!» — ян пикру загьир гьабуна Мухӏамадица. Ва тӏадеги жубана: «Рекӏелъги, хьвадиялъулъги ва гӏумруялъулъги магӏаруллъи цӏунаразда урхъараб салам бице дир», — ан.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "bokula-bokula-dir-kiudiyab-halk", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bokula-bokula-dir-kiudiyab-halk", "title": "Бокьула, бокьула дир кӏудияб халкъ…", "date": "2026-04-03 14:46:51", "categories": ["gurkhiel-rakhimu", "khasal-pikrabi", "obshestvo"], "text": "Дир гьитӏинаб, амма гӏаданлъиялъул рахъалъ кӏудияб Дагъистан. Жакъа духъги ялагьун, рохалилаб магӏу гирулеб буго. Бахиллъун йиго дун дур къадруялдаги, къадру цӏунизе кьураб къуваталдаги, гӏаданлъи-гӏадатлъиялдаги. Дур халкъалъ иргадулаб нухалда бихьизабуна нилъер къуват цолъиялъулъ букӏин. Къобахъанагӏан, гӏумру лъанагӏан, бичӏчӏулеб буго дица жиндир рагӏаби макъалаялъул цӏаралъе росарав Р. Хӏамзатовасул рагӏабазул магӏна:\n— Бокьула, бокьула, дир гьитӏинаб халкъ,\nБокьула, бокьула, дир кӏудияб халкъ!\nГьал къояз социалиял гьиназде яккидал, киса-кибего хъвалеб, гьикъулеб буго кумек хӏажат бугищилан абун. Щивав дагъистанияв хӏадур вуго цогидазе кумекалъе рачӏине – ток бачинеги, насосалъ лъим минабахъа къватӏибе кьабизеги, парталалдалъун, кванил нигӏматаздалъун кумек гьабизеги. Ресалда ругел гӏадамаз минабазе зарал ккаразе жанир чӏезе бакӏал кьолел руго. Лъим камун хутӏаразе лъим баччулеб буго. Тарки поселокалъул гӏадамазул хитӏаб цӏалидалги, рохелги магӏуги жубана. Жидерго добаса лъимги баччун, шагьаралда машинаги чӏезабун буго гьез. Цӏалана гьединго «Денеб» фирмаялъ,«Гӏириб» концерналъ чӏорого кьолел ругел лъел, соказул хӏакъалъулъги. Бакӏарулеб буго гӏарацги, къварилъи ккаразе кумекалъе.\nГьединго гьиназда батана Маргарита Симонялил хитӏабги. Жиндирго рос Тигран Кеосаянил цӏаралда бугеб ичӏабилеб премия гьелъ бихьизабуна Дагъистаналдаса Гӏабдурахӏман Гӏабдурахӏмановасе, лъеца уней яс хвасар гьаюралъухъ. Дида лъала, къойилго гӏадин бихьула дагъистаниязул сахаватлъи. Гьелъие мисалал гӏемерал рачинеги бегьула. Хасго гьал ахирал соназ ккарал къварилъаби ккола гьеб сахаватлъиялъул нугӏзаллъунги. Масала, тахшагьаралъул заправкабазда чан нухалда цӏа кканиги, тӏоцебесеб иргаялда, гӏадамал гӏедегӏана би кьолеб станциялде. Минабазда цӏа ккаразеги, унтаразеги ва цогидалги кумекалъе хӏажатазухъе гӏедегӏула дагъистаниял. Гурхӏел-рахӏмуялъул чан гӏуцӏи батаниги, бакӏарулеб буго гӏарац. Гьаб гьитӏинабго макъала хъвалаго, чангиязул лъикӏал ишал рехсезеги санагӏалъи кколеб гьечӏо. Абула, квешлъиго гӏадин, лъикӏлъиги тӏадбуссинин нилъехъейилан. Цо гьадинаб мисалги бачина. Палестинаялъул Гъаза шагьаралъе гӏемераб кумек гьабуна, гьабулебги буго ва жеги гьабизеги батила дагъистанияз. Нилъеца дозие гьабураб кумекалъул гуро бицине бокьун бугеб. Бокьун буго жалго гӏурабго къварилъи- захӏмалъиялда ругониги, нилъееги кумек гьабизе ракӏалде ккарал гьезул сахаватлъиги рехсезе. Гьеб кколарищ унго-унгояб иманалъулги чилъиялъулги кӏудияб мисаллъун. Цере квералги ккун, Тӏадегӏанасде гьарделелги, жидерго гьечӏеб ресалда рекъон, нилъее- дагъистаниязе гӏарцулаб кумек гьабулел руго гьел.\n— Ниж нужгун руго – гьадинаб буго дозул дугӏаялъулги гьара-рахьиялъулги магӏна. Гьеб лъабго хӏикматаб рагӏиялъ даим хвасар гьабизе буго дуниял ургъел гьечӏолъиялдаса.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "hiillachagiazdasa-cziodorli-gabe", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hiillachagiazdasa-cziodorli-gabe", "title": "Хӏиллачагӏаздаса цӏодорлъи гьабе", "date": "2026-04-03 14:49:24", "categories": ["obshestvo", "proishestvie", "zhurnalistasul-bokion"], "text": "Гӏемерав чиясул гӏарзал руго банкалъул картаялдаса гӏарац бахъун унеб бугин абурал.\nСоциалиял гьиназдасан яги лъазабиязул приложенияздаса цо-цо баянги босун, хӏиллачагӏаз ахӏун бачӏуна жал банкалъул хӏалтӏухъаби кколин ва нужеда лъазабула картаялдасан изну гьечӏого операция гьабулеб букӏиналъул. Гьез рагӏи кьола гьеб иш лъугӏизабиялъул мурадалда хӏалтӏи гьабизе.\nБожилъи щвезе ккани, хӏиллачагӏазе гӏемераб жо къваригӏунаро: гӏицӏго дур цӏар, адрес, телефоналъул номер ва банкалъул картаялъул номер бугони гӏола. Банкалъул гьереси-хӏалтӏухъабаздаса мунго цӏунизе ккани, дур картаялъул нахъисеб рахъалда бугеб лъабго тарих балъго цӏунизе ккола, CVV яги CVC абулел кодал.\nГьебин абуни «бикъизе» бегьула нилъеца хӏалтӏизаризарулел сайтазде рачӏунел ссылкаби рагьани яги телефоналъ ахӏун бачӏуна, гьадинаб бакӏалда, банкалда цевеги чӏун, дур паспорталда рекъон кредит босулев вугин абун. Гьеб гьес босунгутӏизе жидеца кумек гьабилин, паспорталъулги картаялъулги баянал бецейилан кӏалъала. Руго цогидал къагӏидабиги. Масала, дирго ккараб бицинин.\nДица СБЕРбанкалъул картаялдаса бахъун, ВТБ банкалъул картаялде рехана 20 азарго гъурущ.\nАмма, гьенибе рехараб гӏарац дидаго лъачӏого, щибго телефоналъ ахӏун бачӏинчӏого, лъицаниги суал кьечӏого тӏагӏун батана. Дирго рукъалда аскӏоб бугеб банкоматалда аскӏойги чӏун, картаялде балагьулаго, бачӏана баян 18 600 гъурущ бахъун анилан абураб.\nДирго беразда божичӏого, дица телефоналда бугеб ВТБ банкалъул приложение, чанго нухалъ свинабуна, рагьана, мекъи ккун ятилинги абун. Амма гьениб хутӏун батана 76 капек.\nДица хехго банкалде ахӏана. Гьез карта «заблокировать» гьабуна. Гӏарацин абуни ун батана Краснодар краялдаса Алена Дмитриевна Т. абурай гӏаданалъул картаялде. Гьениб бугоан телефоналъул номерги. Ахӏана гьенибе, гьелъин абуни рицана ричӏчӏуларел жал. Жийги йигила мунго гӏадин хӏиллачагӏазул гудракье ккарай гӏадан.\nГьеб гӏарац гьабсагӏат нахъе битӏичӏони, полициялдеги ун гӏарза хъвазе бугин абидал, гьелъ гьарана, 19 сон барай жинда тӏасан гӏарза хъвагейилан. Хъвачӏого, нахъеги гьединалго жал гьаризейищ гьей гӏадал телел. Узухъда, теларо. Ана полициялде, гьенив вугоан Чӏарада районалдаса Гӏали Мухӏамадов абурав гӏолохъанчи.\nГьес дие кумек гьабуна. Хъвана гӏарза, хӏиллачӏужуялъухъеги ахӏун гьелда бичӏчӏизабуна гӏарац нахъе битӏичӏони щиб букӏунебали.\nДица гьаб щай хъвалеб бугеб? Киназдаго лъан букӏине гьединаб кӏичӏикье жалго ккунгутӏизе. МАКСалде ва цогидал бакӏазде рачӏарал ссылкабиги рагьуге, лъаларев чиясе жавабалги гьаруге. Лъалареб номералъ банкалъул рахъалдасан кӏалъайдал, гьезие бокьараб жавабги кьоге. Нагагь баян бачӏани дихъе гӏадаб, гӏарац бахъун бугин дур счеталдаса абун, гьебсагӏаталдаго ун банкалдегун, босун распечаткагун, полициялде ине ккола. Нилъеца гьеб кӏвар кьечӏого тезе бегьуларо. Щайгурелъул нилъеда лъаларо, нилъер счеталдаса бахъараб гӏарац кибе унебали.\nХӏиллачагӏи гӏемерлъун руго. Гӏарцуда хадур чӏарал «чанахъаби» нилъеда сверухъги ратула. Гьединазе букӏине ккола гьабулеб къвакӏараб тамихӏ.\nТӏадежоялъе, гӏадамал къосинаризе «ИИги» баккун буго гьанже. Гьебги буго гӏадамазул бетӏер хӏалтӏизе биччачӏого букӏине баккараб гӏаламат. Интернеталдасан гуккулел руго лъимал. Воре, цӏодорго рукӏа. Нахъа кватӏун ккечӏого букӏине.\nРукъият Гӏалисултанова"}
{"slug": "mashgurav-gialimchigi-giadatiyav-insangi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mashgurav-gialimchigi-giadatiyav-insangi", "title": "Машгьурав гӏалимчиги гӏадатияв инсанги", "date": "2026-04-06 18:49:04", "categories": ["insan", "kultur", "obrazovanie", "obshestvo", "rakialdeshchvej"], "text": "Щуабилеб маялда академик, гӏалимчи, хъвадарухъан, журналист ва гӏуцӏарухъан Хӏажи Хӏамзатов гьавуралдаса тӏубала 100 сон\nСеверияб Кавказалда академиклъун вахъарав тӏоцевесев гӏалимчи вукӏана гьев. Дагъистаналда гуманитарияб гӏелмуялъе кьучӏ лъолаго, цӏиял пикрабаздалъун гьес бечед гьабуна адабият ва мацӏ лъазабиялъул гӏелму, кӏудияб бутӏа лъуна халкъазул кӏалзул гьунаралъул асарал данде гьариялъулъ ва гьезул гӏелмиял цӏех-рехазе квербакъана. Жиндир гӏелмиял хӏалтӏабазулъ Хӏажица гӏемер хӏалтӏизабуна гӏурус ва Европаялъулгун Бакъбаккул улкабазул маданият. Амма гӏалимчилъун гьев вахъинавиялъе цӏикӏкӏараб квербакъи гьабуна Кавказалъул маданияталъ.\nХӏ. Хӏамзатовас гӏемерал соназ нухмалъи гьабуна Мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъе. Гьесул цӏар машгьурлъана Дагъистаналда гуребги, тӏолабго Северияб Кавказалда, Россиялда ва СССРалда гъорлъе унел рукӏарал союзиял республикабазда. Лъалаан гьев къватӏисел улкабазул гӏалимзабаздаги.\nГӏумруялъул нухлул цо-цо баянал\nГьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Цӏада росулъ, Цӏадаса Хӏамзатил хъизамалда. Школа лъугӏидал, цӏализе лъугьана мединституталде, амма рехун тезе ккана. Цинги лъугӏизабуна пединституталъул математикаялъул факультет.\nХӏалтӏана редакциялда, гӏелмияб институталда, цӏалана партшколалда — журналистикаялъул отделениялда. Вукӏана республикаялъул телевидениялъулгун радиоялъул комитеталъул нухмалъиялдаги, хӏалтӏана Дагъистаналъул культураялъул министерствоялдаги. Бихьулеб букӏахъе, Хӏажиясул букӏинчӏо битӏахъего филологиялда, адабияталда хурхараб хасаб лъай. Амма гьев вукӏана филология, философия, маданият, культурология гӏадинал захӏматал гӏелмиял бутӏабазда лъай щварав гӏалимчи.\n1972 соналъул ноябралда Тарихалъул, мацӏалъул ва адабияталъул институталъул директорлъун тӏамуна гьев. Гьелдаса нахъе гӏелмияб хӏалтӏуда вукӏана. Гьесул нухмалъиялда гъоркь республикаялъул гуманитарияб гӏелму цебетӏолеб букӏана. Рагьана цӏиял отделал: археологиялъул, социологиялъул, лексикографиялъул, фольклористикаялъул, искусствоведениялъул. Хӏамзатовасул гӏуцӏарухъанлъиялъул хӏасилалда Гӏелмабазул академиялъул филиалалъул бакӏалда Дагъистаналъул гӏелмияб центр рагьана. Гӏемерлъана гьенир хӏалтӏулел институтазул къадарги. Дагъистаналъул гӏелмияб центр лъугьана Северияб Кавказалъул бищун кӏудияб гӏелмияб центрлъун.\nГьелго соназда Мацӏалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъе кьуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил цӏар. Хӏажи Хӏамзатовасул нухмалъиялда гъоркь байбихьана Дагъистаналъул филологиялъулгун искусствоялъул гӏелмиял цӏех-рехал гьаризе. Гьесул бажариялдалъун къабул гьаруна гӏемерал гӏалимзабаз цадахъ гӏумруялде рахъинарурал проектал ва программаби. Гьезда рекъон хъвана Дагъистаналъул анлъго миллаталъул адабияталъул история, миллиялгун гӏурус ва гӏурусгун миллиял мацӏазул словарал, литературиял мацӏазул нормативиял грамматикаби ва цогидал гӏелмиял хӏалтӏаби. Академик Хӏамзатовасул бихьизабиялда рекъон хӏадурана ва къватӏире риччана Дагъистаналъул хъвай-хъвагӏай гьечӏел халкъазул словарал. Гьабсагӏаталда гьединаб 14 словарь бахъун буго ва жеги ункъо къватӏибе биччазе хӏадурулеб буго. Гьесулго ва редакциялъул нухмалъиялда гъоркь хӏадурана ва къватӏибе биччалеб буго «Дагъистаналъул халкъияб кӏалзул гьунаралъул асаразул сводалъул» 20 том. Гьелъул анцӏила кӏиго том къватӏибе биччан буго.\nГӏуцӏарухъанасул хӏалтӏуда цадахъго Хӏажи Хӏамзатовас гьабулеб букӏана гӏелмияб хӏалтӏиги. Академикас щунусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб макъала хъвана, къватӏибе биччана 16 монография, Кавказалъул, тӏолгороссиялъул ва халкъазда гьоркьосел гӏелмиял дандеруссиназда нусгогӏанасеб кӏалъай гьабуна. Гьел рукӏана литературоведениялъул, фольклористикаялъул, социолингвистикаялъул, востоковедениялъул ва культурологиялъул гьанжезаманалъул масъалаби рагьулел ва гьел тӏуразариялъул цӏиял къагӏидабазул бицунел макъалаби. 2000 соналда гьев вищана Россиялъул гӏелмабазул академиялъул хӏакъикъияв членлъун ва Дагъистаналдагун Кавказалда литературоведениялъул тӏоцевесев ва цохӏо вугев академикасул цӏаралъе мустахӏикълъана.\nХӏажи Хӏамзатовасул аслиял гӏелмиял цӏирагьияллъун ккола: Дагъистаналъул халкъазул адабият бижиялъул ва цебетӏеялъул гӏаммал къанунал чӏезари; ХVIII-ХХ гӏасрабазда гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъазул тарихиябгун маданияб ва литературияб гӏаммаб хасияталъе къимат кьей; Северияб Кавказалдагун Дагъистаналъул художествияб цебетӏеялда миллиял ва батӏиял миллатаздаса росарал кьучӏал ралагьи; миллияб искусствоялъул творчествоялъул рахъал лъугьиналъул ва церетӏезариялъе квербакъарал шартӏал чӏезари; адабияталъул цебетӏеялъул миллиял хаслъаби чӏезари; Северияб Кавказалъул рухӏияб гӏумруялда Бакъбаккул ва Бакътӏерхьул адабияталъул кӏвар рагьи ва миллияб культураялъул къисматалъе гӏурус культураялъ гьабураб квербакъиялъул бицин ва гь.ц.\nХӏажи кколаан «Миллияб адабияталъул ва Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги халкъияб кӏалзул гьунаралъул поэзиялъул тарихгун теория» абураб гӏелмияб школалъе кьучӏ лъурав гӏалимчи. Гьеб рикӏкӏунаан цебетӏураб гӏелмияб школалъун ва 2003 соналда мустахӏикълъана РФялъул президентасул гранталъе. Хӏамзатовасул гӏелмияб школалда куцана гӏемерал гӏалимзаби, гьез цӏунана кандидатлъиялъе ва докторлъиялъе диссертациял. Къватӏисел улкабазул гӏалимзабазулгун бухьенал гьариялъеги жигар бахъана Хӏамзатовас. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏана ва тӏоритӏана тарихалъул, маданияталъул ва политикаялъул кӏвар бугел масъалабазул бицарал халкъазда гьоркьосел гӏелмиял дандеруссинал. Дагъистаналда гьарулел гӏелмиял цӏех-рехазул бицун гьес кӏалъаял гьаруна Германиялда, Франциялда, Англиялда, Австриялда, Испаниялда, Венгриялда, Турциялда, Сириялда, Япониялда, Китаялда, Америкаялда, Канадаялда, Швециялда, Индиялда, Болгариялда. Гьесул квербакъиялдалъун гӏумруялде бахъинабуна Дагъистаналъулгун Америкаялъул археологазул цадахъал цӏех-рехазул программа, дагъистаниязул мацӏазде Инжил буссинабиялъул Дагъистаналъулгун Швециялъул проект, Дагъистаналъул археологиялъулгун этнографиялъул, искусствоялъул ва хъвай-хъвагӏаялъул Япониялда, Англиялда, Венгриялда ва цогидал улкабазда тӏоритӏарал выставкаби.\nХӏажи вукӏана жамгӏияв хӏаракатчиги. Россиялъул Хъвадарухъабазул, Журналистазул ва Театралиял хӏаракатчагӏазул союзазул членги кколаан гьев. Россиялъул халкъазул багьа тӏокӏаб маданияб нахърателалъе къимат кьолеб РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб советалъул ва цогидал жавабиял гӏуцӏабазул членлъун вукӏана гӏемерал соназ. «Известия РАН. Серия литературы и языка», «Известия Северо-Кавказского научного центра высшей школы» гӏелмиял журналазул редакциялда гъорлъ рехсолаан гьесул цӏар. Гьесул хӏаракаталдалъун гӏуцӏана «Вестник ДНЦ РАН» абураб гӏелмиял макъалабазул журналги.\nДагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул вузазегун гӏелмиял центразе гӏалимзаби хӏадурулеб къебелъилъун букӏана Хӏажи Хӏамзатовас нухмалъулеб институталда гӏуцӏараб диссертациялъулаб совет. «РФялъул халкъазул адабият», «Фольклористика», «РФялъул халкъазул мацӏал: Кавказалъул мацӏал» махщелазул гӏелмабазул докторлъиялъе диссертациял цӏунулаан гьенир. РАНалъул М. Горькиясул цӏаралда бугеб Дунялалъул адабияталъул институталъул диссертациялъулаб советалдаги вукӏана Хӏажи Хӏамзатов. Гьес нухмалъи гьабун микьго кандидатас ва 13 докторас диссертация цӏунана. Гьев вищун вукӏана Грузиялъул Миллиял гӏелмабазул академиялъул къватӏисеб улкаялъул членлъунги.\nЖивго тӏадегӏанлъизавулеб хасият\nГьев кидаго ватулаан кумекалдеги кверчӏваялдеги хӏажалъарал гӏадамазда хьолбохъ. Гӏумруялда жаниб тӏамулеб гьесул щибаб галул роценлъун лъугьун букӏана живго гӏадин жинда аскӏор ругелги рокьизе лъай.\nГьесул мурад букӏана дагъистаниязул гӏумру лъикӏаб рахъалде хиси. Инсанасе эркенлъи, ритӏухълъи, цоцазе кумек гьаби, цоцазулгун рагӏи дандеккей гӏадамазул гӏумруялъулъ щибаб къойилаб къанунлъунги низамлъунги лъугьин.\nАмма, цогидазде дандеккун, гьесда кӏвана цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи гьабизе, гьесул кӏвахӏ гьечӏеб ва тӏадчӏараб хӏалтӏул хӏасилалги цӏакъго тӏадегӏанал руго. Хӏисаб гьабураб мехалъ, тӏубараб гӏелмияб къокъаялъул хӏаракатчилъиялда бащалъулеб буго гӏелму цебетӏезабиялъулъ Хӏажица лъураб бутӏа: литератураялда ва культураялда, социологиялда ва художествияб творчествоялъул философиялда хурхарал суалазул цӏех-рехазул хӏасилалда хъварал анцӏ-анцӏ тӏахьал. Нилъер улкаялъул ва къватӏисел пачалихъазул батӏи-батӏиял журналазда ва мажмугӏазда рахъарал нус-нус гӏелмиял макъалаби, дунялалъул анцӏ-анцӏ улкабазул конференциязда ва цогидалги мажлисазда культуроведениялъул ва адабияталъул суалазда тӏасан гьарурал кӏалъаял. ХӀ. Хӏамзатов вукӏана кавказоведениялъул ва востоковедениялъул, фольклор ва мацӏал лъазариялъул гӏелмабазул методологиялъул ва теориялъул рахъалъ чанго цӏияб гӏелмияб нухалъе, чвахиялъе жинца кьучӏ лъурав ва цебе тӏезабурав гӏалимчилъун.\nЛъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьев хӏалтӏана Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏалъул, адабияталъул ва маданияталъул институталъул директорлъун, нухмалъи гьабуна Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъе.\nХӏамзатил Хӏажиясулгун ккараб лъай-хъвай\nНижер лъай-хъвай ккана 1984 соналъул июналда, дир дипломалъулаб хӏалтӏул гӏелмияв нухмалъулев Чӏегӏерчиев Мухӏумаца дун гьесул кабинеталъуве вачараб мехалда. Дица лъугӏизабун букӏана ДГПИялъул филологияб факультет ва дихъ букӏана гьеб институталъул ректорлъун доб мехалда хӏалтӏулев вукӏарав Ахӏмад Мухӏамадовас гъоркь гъулбас гьабураб, дун аспирантураялде восейин ХӀ. Хӏамзатовасухъе битӏараб кагъат. Нижер мурад лъан хадуб гьес абуна институталда лъикӏал шартӏал ругила гӏелмуялда тӏад хӏалтӏизе, амма кинабго бараб бугила аспирантасул хӏаракатчилъиялда.\nСабурав, гӏадамазул ракӏ тӏаде цӏалеб гьими гьурмадаса камуларев гьев нижедехун кӏалъалаан ракӏчӏараб, амма жиндасаго чӏухӏиялъул асар гъорлъ гьечӏеб каламалдалъун, дандияв кантӏизавулаан чӏванкъотӏараб ва магӏнаяб каламалъ. Хӏатта гьеб накъит кӏиязего пайдаяб бахӏсалде сверизабизе хӏаракат бахъулаан цо-цо мехалда Хӏажица. Кӏалъа-басаялъулъ дандияв гьес вачунаан гӏумруялда ва гӏелмуялда хурхарал захӏматал суалазул сухъмахъазде ва кумек гьабулаан, гьел сухъмахъаздасанги ун, гьев чи хӏакъаб, ритӏухъаб ва гӏатӏидаб нухде вачине.\nХӏамзатов вукӏана гӏакъилав, гӏемерсоназулаб гӏумруялъулги хӏалтӏулги хӏалбихьи щварав, тӏадегӏанаб даражаялда гӏаданлъи, чилъи чорхолъ бугев, унго-унгояв интеллигент, ретӏунеб ратӏлилъ, бицунеб рагӏулъ, хьвада-чӏвадиялъулъ ва сундулъго, кибго жиндаса цогидазги мисал босизе мустахӏикъав инсан. Гьединлъидал ракӏалде кколаан гьесдаса хасаб рухӏияб кунчӏи, хинлъи ва гӏакъиллъи нилъехъеги бачӏунеб бугилан. Гьелъ гӏемеразе квербакъи гьабулаан гӏамал-хасият лъикӏаб рахъалдехун хисиялъе, гӏелмияб хӏаракатчилъи борхиялъе, гӏумруялъулъ дандчӏварал захӏмалъаби къезариялъе. Цо рахъалдасан — гьев вукӏана магӏарулав, умумузул ирс босарав дагъистанияв, цогидаб рахъалдасан — Европаялъул тарбия щварав гӏалимчи. Хӏажилъ гӏемер букӏана тарбиялдалъун яги лъай босиялдалъун щолареб, амма тӏабигӏаталъго гьесулъ лъураб, тӏадегӏанаб ва гӏаданлъиялъул ва гӏадлу-тадбиралъул рахъ.\nКвер борхун гӏунтӏулареб борхалъи\nАраб гӏасруялда анцӏ-анцӏ соназ тӏурачӏого хутӏун рукӏана маданияталъул ва адабияталъул гӏелмуялъе кӏвар бугел гӏемерал масъалаби. Гьелъие гӏиллалъунги лъугьана большевизмалъул идеологиялъ цебе лъураб методологиялъ, абухъего, цӏараб хӏуччдаса къватӏире рорчӏизе рес кьолеб букӏинчӏолъи. Модалъун лъугьараб ва гӏемерал соназ жинда рекъон гӏалимзаби хӏалтӏизе ккараб гьеб къагӏида букӏана гӏицӏго цо рахъалдехун, ай социалистияб реализмалъул гӏорхъичӏвараб теориялдехун гурони, батӏияб рахъалдехун бер рехизе биччачӏолъиялдалъун загӏипаб ва заралияб. Масала, бицине бегьулеб букӏинчӏо гӏарабиязул культураялъ ва литератураялъ гьабураб асаралъул.\nХӏамзатил Хӏажи ана тӏубанго батӏияб нухдасан. Цо бугони, Дагъистаналъул адабият ва культура цебетӏеялъухъ гьев балагьана, гьеб цогояб идеялъулабгун художествияб системаялда гъорлъеги бачун. Кӏиабизе, цӏех-рех гьабуна тӏолгосоюзалъул ва тӏолгодунялалъул культуриябгун эстетикияб цебетӏеялъул кьучӏалда. Хӏакъикъаталдаги, гьеб къагӏида батана цӏакъго пайдаяблъун ва «цӏикӏкӏараб бачӏин кьолеблъун». Цоялда хадур цоял къватӏире риччана, мугӏрузул улкаялъул халкъазул художествияб пикруялъул рахъалъ захӏматал масъалабазул цӏех-рех гьабиялъул цӏияб нухдасан ун ХӀ. Хӏамзатовас хъварал тӏахьал: «Цӏадаса Хӏамзат. Инкъилабалде щвезегӏан гӏумру ва творчество (1877-1917 сс.)» (1973 с.), «Инкъилабалда цебесеб Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб литератураялъул система лъугьин. Художествияб системаялъул иццул бетӏер, гӏадатал ва хаслъи» (1978 с.), «Инкъилабалда цебесеб заманаялъул Дагъистаналъул халкъазул литература. Типология ва художественнияб хӏалбихьиялъул хаслъи» (1982 с.), «Художествияб ирс ва гьанжесеб заман. Дагъистаналъул литературабазул цебеселдаса пайда боси ва цоцазе асар гьаби» (1982 с.), «Квалквалал къезари. Къуватаблъун лъугьин. Цӏилъи. Дагъистаналъул советияб литература лъугьиналъул нухда» (1986 с.), «Дагъистан: тарихиябгун литературияб цебетӏей. Таварихалъул, теориялъул, методологиялъул суалал» (1990 с.), «Дагъистан: рухӏияб ва художествияб ирс» (2004 с.). Цоги тӏахьал: «Миллияб художествияб культура ракӏалдещвеязул матӏуялъуб» (1996 с.), «Дагъистан Бакъбаккул ва Бакътӏерхьул рахъалъул культурабазул нухрикьуда» (2011 с.) ва цогидалги.\nГьаниб рехсараб щибаб тӏехьалда тӏубараб ва рагӏа-ракьанде щвараб жаваб кьун буго цӏех-рехалъе босараб аслияб ва кӏвар цӏикӏкӏараб суалалъе. Амма киназулго магӏна буссараб буго гӏелмиябгун теориялъулаб цо масъала тӏубазабиялде. Гьеб масъалаги ккола Дагъистаналъул культура, адабият, мацӏ ва маданият тӏолгодунялалъул художествияб цебетӏеялъул ва хӏалбихьиялъул системаялда гьоркьоб букӏин чӏезаби.\nХӏажи Хӏамзатовасул жамгӏиябгун гӏелмияб жигаралъе тӏадегӏанаб къимат кьуна улкаялъ. Гьев мустахӏикълъана «Къадруялъул гӏаламат» (1971 с.), «Халкъазул гьудуллъиялъул» (1981 с.), «Захӏматалъул Багӏараб байрахъалъул» хӏурматалда (1986 с.), «Ватӏаналда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» IV ва III даражабазул (1999 с., 2006 с.) орденазе, кьуна гьесие къиматал цӏарал ва къадруял премиял.\nГьев вукӏана ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанлъун (1968), ДАССРалъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (1974), Россиялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (1993), Ингушетия Республикаялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (2006), Адыгея Республикаялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчилъун (2011).\nГьесул цӏар абадиялъго меседилал хӏарпаз хъван хутӏила гӏагараб Дагъистаналъул тарихалда.\nМухӏамадов Мухӏамад Ибрагьимович,\nфилологиял гӏелмабазул доктор, профессор"}
{"slug": "honzhrod-basun-bugo-dun-gavurab-son", "url": "https://hakikat.info/?nationals=honzhrod-basun-bugo-dun-gavurab-son", "title": "«Хонжрод басун буго дун гьавураб сон…»", "date": "2026-04-06 18:53:23", "categories": ["insan", "k-ismatal-ul-kag-tal", "kultur", "obshestvo"], "text": "Расулил гьал рагӏаби цӏалараб мехалда, бачӏунеб буго суал: Щай, батӏияб алаталъ гуреб, хонжроца басараб магӏарулас жиндир лъимадул цӏар рукъалъул хӏобода? Бегьуларебищ букӏараб носоца, гӏощтӏоца, ялъуни цогидаб рекӏараб жоялъ гьеб гьабизе? Гьединал суалал кьезе бегьила нилъер халкъалъул, магӏарул чиясул гӏумруги, гӏамалги, тӏабигӏатги лъаларев, гьеб бичӏчӏуларев цо пуланас. Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакӏаздаги хонжродехун букӏана хасаб гьоркьоблъи. Гьелъие рукӏана гӏемерал ва батӏи-батӏиял хӏужабиги. Магӏарулазул гӏумруялъулъ гьеб яргъилаб алаталъ – хонжроца кидаго кколаан хасаб бакӏ. Гьеб букӏана радал вахъаралдаса нахъе вегизегӏан магӏарулас къойил борчулеб цохӏого цо яргъил тайпа ва халкъиял гӏадатазда жаниб якъинго бихьизеги чӏезеги гьабун букӏана гьелъул бакӏги. Масала, Кӏудияв Гӏумаханил Къануназда жаниб буго гьадинаб цо хасаб жумла: «Хунжрул рахъун, цоцазе хӏинкъаби кьолел ругони, щивасдаса цо-цо чахъу бахъула», — ян.\nМашгьурав гӏалимчи ва хъвадарухъан Хӏасан ал-Къадарияс «Асари Дагъистан» абураб жиндир тӏехьалда жаниб хъвалеб буго: «Цебе заманалда магӏарулазда гьоркьоб талихӏалъул ва икъбалалъул гӏаламатлъун букӏана микьго жо, гьезда гьоркьоб Гъазданущиб росулъ устарзаби Базалай-Гӏалица, ялъуни Гӏабдул-Гӏазизица гьабураб ханжарги».\nКъанагӏатги хутӏулароан магӏарулав тушман гьечӏого, рагъулъги кьалулъги гӏахьаллъи гьабичӏого. Гьединлъидал къватӏисанги жанисанги букӏине бегьулеб хӏинкъиялъ тӏамулаан гьев рукӏа-рахъиналъулъ борчараб ханжаргун вукӏине. Хонжролгун магӏаруласул букӏараб гьоркьоблъи баян гьабулаго, гӏурус гӏалимчи Н. Дубровиница хъвалеб буго: «Магӏарулаз киданиги бахъулароан тӏаса ханжар, хӏатта рокъобцин. Бахъун чухъагун, магӏарулас гужгаталда тӏасан борчулаан ханжар. Щивав хохорав магӏарулав, хъисда хъисда квералги лъун, ялъуни хонжрол тӏагъиги ккун, ялъуни тункӏида тӏадги вегун, дунял-гӏаламалъул бетӏергьан кинигин, гӏамал кӏодого чӏун вукӏунаан», — илан.\nХонжроца гӏемераб жо тӏубалаан магӏаруласул гӏумруялъулъ, амма гьелъул букӏана кӏиго аслияб вазипа: рагъулабги ракълилабги. Гьелдаго цадахъ ханжар букӏана магӏаруласул напсалъулабги материалиябги культураялъул, гьесул гӏумруялъулаб философиялъул, менталитеталъул кӏвар бугеб гӏаламатлъунги.\nДагъистан Россиялде гъорлъе ун хадуб, пачаясул хӏукуматалъ ханжар бахъичӏо магӏаруласухъа, амма нилъер гьаниб Совет хӏукумат щулалъараб мехалда, 1926 соналда пачалихъалъ байбихьана бакӏалъул халкъалъухъа ярагъ бакӏаризе. Гьел соназда хонжрол суалги лъугьана цӏакъ кӏвар бугеблъун Дагъистаналда. Рорхатал трибунабаздасан, хӏакимзабазул кӏалъаязулъ, газет-журналазул гьурмаздасан кӏудияб кампания байбихьана хонжрода данде. Гьеб лъазабуна некӏсиял гӏадатазул заралияб тӏагӏеллъун, гьелъие нагӏана кьуна ва халкъалдаса тӏалаб гьабулеб букӏана гьелдаса инкар гьаби. Гьеб кампаниялда жигараб гӏахьаллъи гьабуна адабияталъги. 1920-1930-абилел соназда магӏарул автораз хъвана хонжрол темаялда тӏасан батӏи-батӏиял жанразул асарал, гьезул цо-цоял хас гьарун сайгъат гьарурал рукӏана хонжрое.\nГьедин, ханжар какун, гьелъул заралияб рахъ бихьизабун хъварал руго Цӏадаса Хӏамзатил «Бидул алат гӏодобе рехарал магӏарул росаби», «Хонжрол хӏакъалъулъ «Магӏарулав» газеталде хитӏаб», «Ханжар», «Хонжролай» абурал шигӏраби; Ражаб Динмухӏамаевасул «Бидухъ би» абураб къиса, Мухӏамад-Наби Шамиловасул «Сапинатил нух» абураб пьеса.\nГьединго хонжрол баркат гьечӏолъи бихьизабун, бидул тушманлъиялъул гӏадат какун хъвараб ккола гьаниб бахъулеб бугеб «Ханжар» абураб хабарги. Гьеб дагьаб цебегӏан батана 1929 соналъул 30 июналда гӏажамалъ бахъараб «Магӏарулав» абураб газеталда ДГПУялъул магистрант Шамил Зайнулгӏабидовасда. Гьесго буссинабуна гьанжесеб хъвай-хъвагӏаялдеги. Газеталда, асаралъул авторасул инициалал гурони (Н.А.), гьесул тӏубараб цӏарги хъван гьечӏо. Бахъизе хӏадурулаго, харбил текст дагьабго къачӏа-кӏатӏана, авторасул хатӏалъеги мацӏалъеги мукъсанлъи ккеларедухъ.\nАхӏмад Муртазагӏалиев\nХанжар (хабар)\nI\nКъаси, щибго сихӏ къотӏараб заманалда Мухӏамад, бакьулъ ханжарги бухьун, таманчаги бан, ахикье унев вукӏана. Гьесул хӏалалъухъ балагьун, гьев цӏакъ ццидакьго вукӏин бичӏчӏулаан. Хехго гъутхъиниса бахъун хъалиян цӏан, гьелдалъун жиндирго ццин гӏодоцинабизе гӏадин вилълъун унев вукӏана.\nГьев жиндие йокьарай ясалъул гӏадамаз нахъчӏван вукӏана. Кӏиабилеб нухалъги, цо чӏванкъотӏараб рагӏи кьеян абун ясалъул бакӏалде чиги витӏун, жеги гьениса хабарги бачӏинчӏого вукӏана. Ракӏалда ругел жуба-гъубарал хиялаздеги машгъуллъун, ахикье щвана. Рагьлил махӏ бахъараб, туснахърукъалда релълъараб хъощинив лъугьунаго, жаваб босун къваридго эбел ячӏуней йихьараб мехалда, дунял пара-пара гьабизе бокьараб жанавар гӏадин ццидахинеги ццидахун, гьес гьелда гьикъана:\n— Щиб лъугьараб? — ан абун.\n— Дир вас, гъой яс Тажудиние абун йиго. Тӏокӏаб гьанже нилъеца цӏар бахъизе бегьуларо. Тажудин Бакуялда цӏалулев вуго. Гьал къоязда жанив вачӏун, бертин гьабизехъин буго.\nГьесул ракӏбуссун балеб букӏана.\n— Дир вас, Жанса гьедигӏан берцинай яс гуро. Лъикӏаб хӏалалда канлъигицин бихьуларилан абулеб буго.\nМухӏамадие гьеб рагӏухъ гӏенеккизецин бокьичӏо. Кӏутӏбиги рукъулаго, гьес абуна:\n— Цӏакъ лъикӏ буго. Лъикӏаб бицун букӏинчӏони, хӏалицаниги букӏинагури эб…, — ан.\nЦцин бахъараб бералдалъун эбелалъухъги валагьун, хонжрол тӏогъода кверги лъун, къватӏиве вахъана.\nМухӏамад нич гьечӏев, живго жиндиего гӏурав гӏолохъанчи вукӏана. Кидаго росулъ гьесул пиша букӏана, ясазухъ валагьун, руччабазда щиб-щибниги рагӏаби абун, кеп боси. Гьезда гьоркьоса гьесда Жанса йихьун, гьей ячина жинца абун, чи витӏун вукӏана гьелъухъе. Гьеб сордоялъ Мухӏамадица, тӏурараб гьве кинигин, сордо рогьана.\nII\n«Гӏадалаб гӏишкъуялъ» Мухӏамад хӏалалда толев вукӏинчӏо. Щиб лъугьаниги, Жанса гьесие щвезе кколей йикӏана. Гьеб ишалъулъ таманча-хонжрода гӏадин ракӏгъолеб жо щибго букӏинчӏо гьесул.\n— Гьезда дун гьитӏинаб лъимерин ракӏалде ккун буго. Дица бихьизабила гьезда дир гуч, — ан абун вукӏана гьев.\nРосулъ кидаго цадахъ вукӏунев, живго гӏадав цо «гӏабдал» гьалмагъги вукӏана гьесул. Гьел тӏолго росдадаго лъалаан. Гӏемерисеб халкъ гьездаса разияб букӏинчӏо. Гьелъие гӏоло батизе бегьула гьезие абун яс кьечӏейги. Мухӏамадица, жиндирго дардал чучизе гӏоло, жиндир гьалмагъги валагьун, гьесда Жансал хӏакъалъулъ хабар бицана.\n— Дица гьезда дун лъазавила. Лъадай унелъул, хъамун гьей ясгун, тӏурила дун.\n— Гьеб иш гьедин гьабичӏони, бихьинчи гуро мун.\n— Жакъа бакъанида лъадай унаго, гьей дица хъамичӏони, дица тӏокӏаб киданиги ханжар-таманча борчиларо.\n— Дицаги дуй кумек гьабила, — ян гьалмагъасги абун, гьев кӏиявго ахӏмакъасул рагӏи рекъана.\nГьеб къоялъ Тажудин Бакуялдаса вачӏун вукӏана. Мухӏамад, гьев вачӏараб рагӏун, дагьавги ццидахун лъугьана.\n— Рухӏ бахъагиха гьесул, Жансал гьурмахъ хӏасратго хутӏилародухъ, — ан абуна гьес жинцаго жиндаго.\nБакъанида дуниялги бана, росдал ясалги, дагь-дагьккун къокъа-къокъа гьабун, лъадаре ине лъугьана. Мухӏамадги, кидаго аскӏоса ватӏалъуларев жиндир гьалмагъги вачӏун, Жанса хъамизе иццда гӏагарда цо бакӏалда чӏун, санагӏаталъул халккун рукӏана.\nТохлъукьего ясазда гъорлъа, чӏегӏерал беразги чӏегӏерал кьунсрузги халкъалъул берал жинде цӏалеб хӏалалда Жанса яккун ячӏун тана.\nМухӏамадил би гьалдезе лъугьана. Чӏваркьун бералгин, гьалмагъасда абуна:\n— Вилълъа, гӏедегӏел гьабе! — ян.\nКӏиялго ясазда гъорлъ речӏчӏизе жураралго, ясазда гьезул иш бичӏчӏана ва чӏичӏидилаго рахъ-рахъалде лъутизе байбихьана. Мухӏамадицаги гьалмагъасги, хехго Жансаги ккун, гьениб гӏагарда букӏараб рохьоехун хъамуна гьей.\nАхакьа рокъоре руссунел рукӏарал гӏадамал, гьеб чӏиргъи-хъуйги рагӏун, иццде рортизе журана ва гьеб хабар лъазе рекерана. Жансал вац Къади, гьеб хабар лъарабго, гӏедегӏун ханжар-таманчаги босун, иццде векерана. Гьесдаго хадур гӏунтӏун росдал жамагӏатчагӏиги мухъ гьабун рачӏинел рукӏана. Тӏаде щвара-щварал чагӏи рохьоре ралагьун ун, гьел ралагьулел рукӏана. Мухӏамадги гьалмагъги, жал кквезехъин рукӏин лъарабго, ханжар-таманчаги хӏадур гьабун чӏун рукӏана.\nЖамагӏаталъул цояс:\n— Гьале дол гьанир руго, — йилан абулаго, ясалъул вац Къади пири гӏадин тӏаде ана.\nТунчул кьвагьана. Бищун цебесеб гулла Сагӏидилан абурав цо чиясул надалда щвана. Сагӏид гӏодов ккана. Рагъул иш кьварана.\nГьеб ишалда гьоркьор росдал гӏемерал гӏадамал журана. Кӏиябго рахъалдасан кумек гьаризе байбихьана. Мухӏамадица яс, кодоса йорчӏунгутӏизе гӏоло, хонжроца юсс-юссун яна. Ясалъул чӏичӏи рагӏарав вац, «намусалда» хъвалев вугилан ккун, Мухӏамадида тӏаде кӏанцӏун ана. Мухӏамадил гьалмагъас, хьолболъан ханжар къазе гьабун, гьев гӏодов ккезе гьавуна. Къадил гьалмагъзаби, гьеб иш бихьарабго, цадахъго гьезде тӏаде кӏанцӏун ана. Тунчузул патронал лъугӏун, иш хунжрузде ккана. Цо заманалдасан Мухӏамадги гьалмагъги тӏаде кӏанцӏун рачӏарал чагӏаз пара-пара гьарун рехана. Цо чанго хонжрол гьаракьги бахъана гьениб. Тӏарамагъадаги гьеб питна жамагӏаталъ хӏарам-балагьалъ свине гьабуна. Гьеб ишалда гьоркьоб къоло щугоясдасаги цӏикӏкӏун чи чӏвана.\nРосу магӏирукъаз тӏатӏала босизе гьабун букӏана. Бищун кутакаб гӏоди Жансал бусс-буссун бараб къаркъалаялда тӏад букӏана. Киналго гьаркьаз гьеб бидул питна багъариялъе сабаблъун ккараб вахӏщияб хонжрое нагӏана кьолеб букӏана. Амма дагьал гуро магӏарул росабазул гӏадамал ракьул чохьонир лъурал хонжрол балагьалдалъун, гьелъул къурбанлъун лъугьун. Гьелъие гӏолохъаналги хералги нугӏзал руго."}
{"slug": "gielmuyalda-giamal-rekarav-insan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gielmuyalda-giamal-rekarav-insan", "title": "Гӏелмуялда гӏамал рекъарав инсан", "date": "2026-04-06 19:10:37", "categories": ["history", "insan", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Тӏукитӏа росулъа Гӏумарил Мухӏамад вукӏана гӏараб гӏелму цӏаларав чи. Гьев вукӏана Къуръаналъул хӏукъукъал ричӏчӏиялъулъги, хӏадисазул асарал лъаялъулъги, раббаниял кашфаби рагьиялъулъги, жагьилзабазни щай гурин, унго-унгоял гӏалимзабазцин жиндие тӏадегӏанаб къимат кьурав варагӏалъул агьлуялъул цевехъан. Гьединаб борхатаб даражаялдаги кӏудияб макъамалдаги вукӏиналъ араб гӏасруялъул 60-80-абилел соназда Гӏумарил Мухӏамадил цӏар тӏибитӏун букӏана магӏаруллъиялдаго. Гьесда цере балъго гӏелму цӏалулел рукӏана Мелъелтӏаса Мухӏамадрасул, Инхоса Ризван, Сивухъа Чергес, Ичичӏалиса Сиражудин, Местӏерухъа Ибнухӏажар ва гӏемерал цогидалги.\nГӏумарил Мухӏамад гьавуна 1883 соналда. Байбихьулаб лъай щвана хъизамалда. Цинги цӏалула росуцоял Гӏисал Гӏабдулада, Чумалав-дибирасда, Мундарил Халилида цеве. Гӏелмуялде бугеб рокьиялъ, лъаялде гӏащикълъиялъ Мухӏамадица живго жиндаго чӏун лъай камил гьаби гуребги, коммунистазул заманалда гӏун бачӏунеб гӏелалъеги балъго бикьана исламияб лъайги, лъикӏаб тӏабигӏат-гӏамалги, гӏелмуги.\nГӏумарил Мухӏамадил гӏумру какикьжоялда анилан абула жакъаги харабаз. Амма бигьаго букӏинчӏебха гьесие гӏелмуялъул борхалъиялде вахине. Гьев нугӏлъун ккана Кавказалъул халкъалдехун пачаясулаб Россиялъул рахъалдасан букӏараб рокьукъаб бербалагьиялъулги, пача тӏаса рехун хадусел соназда букӏараб репрессиялъул хъачӏлъиялъулги, большевиказ диналде данде гьабулеб букӏараб къабихӏаб къеркьеялъулги, гӏемераб цогидалъулги. Кин батаниги, захӏмалъабазда цебе бетӏерги къуличӏого, квералги рорхичӏого, къварилъи-гӏазабги къулчӏун, къоги хӏехьон бацӏцӏадаб шаргӏияб нух течӏолъиялъ тӏадегӏанлъана гьесул цӏар.\nЧанго соналъ цебе Ичичӏалиса Мусаца «Ас-салам» газеталда бахъараб макъалаялда бицен гьабун букӏана Тӏукитӏаса Гӏумарил Мухӏамадил хӏакъалъулъги. Зулму-хӏалалдалъун Даргъове гочинавурав Мухӏамадил яшавалъул бицунаго, Мусаца ракӏалде щвезабулеб буго дунялалъул магӏишаталъул пикру гьабуларев, гьитӏинабго рокъов какикьжоялда ватарав гьесул хашабго магӏишаталъул хӏакъалъулъ. Гӏелму тӏалаб гьабун гьесухъе щварав Мусаца ва гьесул гьалмагъзабаз рохьоса рахи-цӏулги баччун бан буго гьесие мина. Гьединав, диналда тӏадчӏарав, ахираталъул гурого ургъел гьечӏев Аллагьасул вали вукӏанин Гӏумарил Мухӏамадин ракӏалде щвезабулеб буго Мусаца.\n1966-1967 соназ Мухӏамад гочана Хасавюрт районалъул Тӏукитӏе. Гьениреги гӏемерал чагӏи рачӏунаан гьесухъе гӏелму лъазабизе. Гӏисинал-чӏахӏиял батӏалъи гьечӏого, исламияб лъаялде цӏайи бугел жиндирго гӏумруялъул ахирал къоязде щвезегӏан балъгого цӏализаруна гьес. Гьев къадаралде щвана 1990 соналъ, вукъун вуго Хасавюрт районалъул Тӏукитӏа росулъ.\nГьесдаса нахъе ккун чӏолароан гьеб рахъалъ руччаби-ясазе гӏараб мацӏ малъулей ва гьел Къуръан цӏализе ругьун гьарулей Мухӏамадил чӏужу, Алданхӏажиясул яс Нажаватги. Гьезул баракаталъ гӏелмуялде нух бахъарал росуцоязул ва мадугьалихъ ругел росабазул гӏун бачӏараб гӏелалъул сияхӏ халатаб буго.\nГӏодосанго гӏелмуялде гъира-щавкъ бугеб хъизамалда гӏурал лъималазги тӏаса бищана бацӏцӏадаб шаргӏияб нух. Гьесул вас Гӏумархӏажица жиндирго лъай борхизабуна Сириялда. Хӏалтӏана Тӏукитӏа росдал мажгиталъул имамлъун, Ленинкенталда чанго соналъ тӏуразаруна имамасда тӏадал ишал.\nЧӏухӏа-къули гьечӏев, «дун», «дица», «дир» абурал рагӏаби жиндир кӏалдиса рачӏунарев, гӏодове виччарав, хӏалимав гьев инсанасул хӏакъалъулъ шагӏир Мухтар Будуновас хъвараб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:\nЯ ле, Гӏумархӏажи, гьаб хӏикмалъи щиб,\nХӏежалде унилан мун пахрулъичӏев?\nГӏелмуго цӏаличӏез дугӏаги гьабун,\nГьал бецӏал руччаби гьалгъазарулин.\nВацасда вац лъалеб заман гьаб гурин —\nГурун къай ботӏрода къиматаб чалма.\nРосдал гӏадамазда хӏажичиясул —\nЧалмаги къадруги къватӏиб тӏатине…\nХӏасил гьабун абуни, киназго мисал босизе мустахӏикъаб гӏамал-хасияталъул ирсилал руго Гӏумарил Мухӏамадил.\nСупьян Мухӏамадов, РФялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член"}
{"slug": "giolohanab-michichi-pajda-va-zaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giolohanab-michichi-pajda-va-zaral", "title": "Гӏолохъанаб мичӏчӏ: пайда ва зарал", "date": "2026-04-06 19:14:02", "categories": ["med"], "text": "Мичӏчӏ некӏого лъалаан даруяб чӏахӏ гӏадин. «Канон врачебной науки» абураб Авиценнал тӏехьалда буго: «Мичӏчӏгун къанцӏа жубараб жо тӏадги чӏван, катаналъ бухьани, тӏихь рагьун бачӏунин, гьеб къвакӏуларин, сахлъулин. Мичӏчӏил тӏанхал хӏарараб хӏуралъ магӏарзул къалахъа би чвахи къотӏизабула»,-ян.\nXVI гӏасруялдаса байбихьун, мичӏчӏ белъараб лъим гӏатӏидго хӏалтӏизабулаан гьуъруздасан, бакьаздаса ва тӏончӏол рукъалдаса чвахулеб би чӏезабиялъе.\nРакъарал соназ магӏарул росабалъ гӏадамаз кваниеги хӏалтӏизабулаан мичӏчӏ. Гьелъул гьабулаан карш ва чурпа, жакъаги гӏадамаз гъираялда кванала мичӏчӏил чадалги хинкӏалги. Ракъидал, кӏвекӏун тӏанхалгун, тӏаде щван цӏамгун, мичӏчӏ чӏаго кваналаан.\nНусго унтиялъул дару\nГӏелмиял цӏех-рехаз чӏезабун буго мичӏчӏ витаминазул тӏабигӏияб нахърател букӏин. Лимоналда дандеккун, мичӏчӏилъ кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун буго аскорбинка, гъарцӏи, цӏекӏу, гьединго ламадуралда гъорлъ бугелдаса мичӏчӏилъ гӏемерго цӏикӏкӏун букӏуна каротин. Гьеб гуребги, мичӏчӏ бечедаб буго К, Е ва В витаминаздалъун, гьединго железо, магний, медь, кальций гӏадал микроэлементаздалъун. Масала, инсанасе мехелалъ гӏола мичӏчӏил 20 тӏанхилъ бугеб А витамин.\nЧерхалъе цӏакъ пайдаяблъун рикӏкӏуна мичӏчӏил тӏамхазулъ букӏунеб хлорофилл-гӏурччинаб пигмент. Гьелъ квербакъула черхалъул киналго гӏуцӏаби лъикӏ хӏалтӏиялъе, хасго чехь-бакь, ракӏ, бидурихьал ва хӏухьел цӏалел лугби. Мичӏчӏица черх цӏунула батӏи-батӏиял унтабаздаса, масала, цинга абулеб захӏматаб унтудаса.\nТарихиял хӏужаби\nНекӏсияб Рималъул солдатаз квачалдаса цӏуниялъе кверазда мичӏчӏ лъулъалеб букӏун буго;\nТӏоцебесеб ва Кӏиабилеб дунялалъул рагъазул заманалда, квас-квасалъул бакӏалда, гьабулеб букӏана мичӏчӏил ретӏел.\nРагъул заманалда мичӏчӏ хӏалтӏизабулаан витаминал гӏоларого лъугьунеб унтудаса цӏуниялъе;\nХолодильник гьечӏеб заманалда хехго холел кванил нигӏматал, масала, гьан ва хӏан цӏунулаан мичӏчӏилъ;\nАхихъабаз мичӏчӏил тӏокӏкӏел хӏалтӏизабула харинацӏ хвезабиялъе;\nАнглиялда гьабула мичӏчӏил чагъир;\nМичӏчӏидаса бахъула тӏабигӏияб гӏурччинаб релъен.\nМичӏчӏил зарал букӏуна\nКъанагӏатги вукӏунаро мичӏчӏица кверал рухӏичӏев чи, амма гьеб хехго уна ва черхалъе гьелъул кинабгӏаги зарал букӏунаро.\nМичӏчӏидаса пайда босизе бегьуларо:\nХехго би бетулел чагӏаца;\nЛъимаде йигей гӏаданалъе, хӏинкъи букӏуна лъимер биххиялда.\nТохтурас кьуни гурони, дараби хӏалтӏизарулев чияс мичӏчӏ кваназе бегьуларо.\nБидул тӏадецуй дагьаб бугони, мичӏчӏица гьеб жеги гӏодобе ккезабула.\nМичӏчӏ хӏалтӏизабулел цо-цо чагӏазул тӏомоде рала тӏанкӏал.\nДаруялъе букӏине мичӏчӏ бакӏарула гьеб тӏегьалеб мехалда, хӏалтӏизабула гьелъул тӏамах. Бакъвазабула рагӏдукь, гьури хӏалтӏулеб бакӏалда, масала, мокърокь дализабун. Цӏунизе ккола регьел гьечӏеб, бацӏцӏадаб гьава бугеб бакӏалда.\nМичӏчӏил тӏокӏкӏелалъ чорхое чӏаголъи кьола, гьелъ чорхолъ би цӏикӏкӏинабула ва гьелда гъорлъ гемоглобин гӏемерлъизабула. Гьединго гьелъ кумек гьабула тӏул, ццидалкъвачӏа, кванирукъ, хъватбакь унтарал чагӏазе. Бидулъ цӏикӏкӏун бугеб чакрил къадар дагь гьабула.\nТӏаде щун буго мичӏчӏил заман. Тӏадехун бицунебги хӏисабалде босун, лъикӏаб букӏина «херлъилалде», тӏегь балелде, мичӏчӏил нахърател гьабуни.\nЙод ва кальций\nГӏалимзабазул пикруялда рекъон, лъимал сах-саламатго гӏей бараб буго эбел-инсуца лъималазе кьолеб тарбиялда, кванда ва витаминазда. Хехго гӏолел лъималазул чорхое къваригӏуна гьезул жакъасебги метерисебги къоялъул сахлъи жидеда барал йод ва кальций гӏадал микроэлементал. Йод гӏунгутӏиялъ лъимадул сахлъи нахъе ккола, 10-15 проценталъ мукъсанлъизабула гӏакълу-лъай.\nТӏолалго улкабаздаса гӏалимзабазул баяназда рекъон, чорхолъ йод мукъсанлъани гӏадалнахуе ва психикаялъе жагъаллъи кколеб буго. Амма гьеб буго жиндаса цӏуна-къазе, жиб тӏагӏинабизе бегьулеб гӏузру. Лъимер сах-саламат гӏеялъе, йодго гӏадин, къваригӏуна кальцийги. Гьездаго цадахъ гӏун бачӏунеб черхалъе щвезе ккола Д витаминги. Гьелъ квербакъула лъималазул чорхолъ кальций регьине.\nНури Нуриев"}
{"slug": "cziilkaderil-hutanalda-chvahuncziad-ban-hadub", "url": "https://hakikat.info/?nationals=cziilkaderil-hutanalda-chvahuncziad-ban-hadub", "title": "Цӏилкьадерил хъутаналда чвахунцӏад бан хадуб…", "date": "2026-04-09 14:40:05", "categories": ["gurkhiel-rakhimu", "magiarukh", "obshestvo", "sotsialiyab-giumru", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Иххица хвезабуна анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун мина-рукъ, школа, гӏадамазул рагӏи-хер\n7 апрелалда «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабаз сапар бухьана чвахунцӏадалъ зарал гьабурал росабазул цояблъун кколеб, Хасавюрт районалда бугеб Цӏияб Цӏиликье. Апрелалъул тӏоцересел къояз республикаялде рарал гьалагал цӏадаз гӏадамазе ккараб къварилъиялъул киса-кибего рагӏана. Гӏемерав чиясул мина-рукъ лъелъе ккун гъанкъана. Гӏумруялъ данде гьабун букӏараб магӏишат минатахъ щущазабуна.\nГьеб рахъалъ бищунго цӏикӏкӏун кьаби щвезабуна Хасавюрт районалъул Къадиротар, Гӏадилотар ва Цӏияб Цӏиликь росабазда. Цӏияб Цӏиликь ккола Гумбет районалъул Цӏиликь росдал жамагӏаталъул гӏодоблъиялда бугеб росу.\nИхдалил бакъуца берцин гьабун букӏана лъарагӏлъи. Гьанжеялдего хергӏурччинлъун ругел харибакӏазда щущан букӏана гӏачиязул рехьед, тӏела-тӏелал гьарун кваналел рукӏана гӏиял рехъаби. Рогьалил щубида тӏад кенчӏолел бакъул чӏораз гӏажаибго берцин гьабун букӏана сверухълъи.\nКӏиго анкь гьоркьоб иналде тӏатӏалаго бараб чвахунцӏадалдаса хадуб бакъуе гьимулеб регьелаб ракьалдаса берги гӏорцӏуларого, кӏиго сагӏаталдасан ниж щвана Къадиротар росдада цере. Росулъе рачӏунеб бакӏалда, заманаялъулаб пунктги рагьун, вугоан чанго чи. Самоварги лъун, хъазминиб белъунеб букӏана пловги. Гьезда гьоркьор рукӏана тӏад багӏараб хъанчил гӏаламат бахъарал гурдал ретӏарав чангоявги. Грозныялда бугеб «Красный Кресталъул» вакилзаби ругин жалилан бицана гьез, къварилъи ккаразе кумекалъе рачӏарал.\nКумек гьабуна Дагъистаналъго\nЦӏилкьадерил хъутаналде щвана къадекак ахӏулеб заманалда. Мажгиталда цебе бугоан гӏадамазул читӏир. Нижеда дандчӏвай гьабуна Гумбет райадминистрациялъул вакил ва райсобраниялъул депутат Давудхӏажиев Гӏалиханица.\nКакал ралалде цебе кваназеги рачана мажгиталда аскӏобго бараб рокъоре. Гьениб лъай-хъвай ккана Гумбет райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель Мухтарахӏмад Ахӏмадовасулгун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь чанго чиги вугоан гьениве вачӏун, ккараб заралалъухъ балагьизе ва росдал жамагӏаталъе гьабулеб кумекалъе квербакъизе. Нижедаго цадахъ гӏадин, гьенире щун ругоан Аргъвани росдал жамагӏаталъул вакилзабиги. Росдал бегавул Хӏосен Гӏусмановасул нухмалъиялда гъоркь, саламатаб къокъа букӏана Цӏияб Цӏиликье щун.\nРосуцояз, районцояз ва гьединго тӏубараб республикаялъго жидехъе кумекалъулаб квер бегьичӏев чи хутӏичӏин бицана Давудхӏажиев Гӏалиханица\n5 апрелалда гьенире щун рукӏана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, Халкъияб Собраниялъул вице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовги.\n— Къварилъи ккарал гӏадамазе хӏукуматалъул рахъалдаса кверчӏвай букӏине бугин абуна гьез зарал ккаразулгун букӏараб дандчӏваялда, — ян бицана Гӏалиханица. Гьабсагӏаталда Цӏияб Цӏиликь хӏалтӏулеб буго хасаб комиссия. Щибаб минаялде щун, ккараб заралалъухъ балагьун, борца-къотӏун, киналъего къимат кьун хӏасил гьабизе буго гьез. Гьелда рекъон, щивасе ккараб заралалъул къадаралъухъ балагьун кьезе буго рецӏалил гӏарацги.\nАмма, цогидал хъутабазда ругел гӏемерисел росабазулго гӏадин, Цӏияб Цӏиликь росдалги гьечӏо росу букӏин чӏезабулеб хасаб статус. Гьединлъидал гӏемерисел гӏадамазул минабазул «зеленкаби» гьечӏолъиги буго квеш ккараб жо. Амма, гьелъухъ балагьичӏого, хӏукуматалъул рахъалдаса гӏарцулаб кумек щвезе бугин кинавго чиясеян абуна премьер Гӏ. Гӏабдулмуслимовас ва росабазул статус кьеялъул суалалда тӏадги хӏалтӏизе ругин абун тӏаде жубана гьес, — илан бицана Гӏ. Давудхӏажиевас.\n— Тӏуранго риххизарурал минаби ругищ?\n— Тӏубанго гъанкъарал ва цӏидасан разе кколеб хӏалалда буго гӏага-шагарго 13-14 мина. Гьезул мухӏканаб къадар загьирлъизе буго лъим нахъе индал, комиссиялъул хӏалтӏи лъугӏидал.\nЦӏияб Цӏиликь буго кинабниги 156 цӏараки. Гьезда гьоркьоса 80-гӏан мина-карталъе зарал ккана. Гӏемерисел минаби рукӏана хӏарщул кирпичалъ рарал.\n— Минаби рехун тезе ккарал гӏемерисел Хасавюрталда хӏебтӏун ругин бицана…\n— Киналго гьенире гочинаруна. Лъим кӏанцӏараб къоялъго, хехаб куцалда, гьел нахъе рачине тадбирал гьаруна нижеца. Тӏабигӏияб балагь нилъеда гьукъизе кӏоларелъул, тохлъукьего бачӏараб къварилъиялъул хабар киса-кибего рагӏун, гӏемерав чияс битӏун бачӏана садакъа. Лъим, квен-тӏех ва ретӏел-хьиталде гӏунтӏун. Цохӏо республикаялдаса гуребги, Краснодар, Ставрополь, Ростов ва цогидалги регионаздаса, хӏатта Казахстаналдасацин бачӏана гуманитарияб кумек.\n— Лъим, ток, газ бугелъул бищун хӏажатаб жо, гьелъул рахъалъ къварилъи бугищ?\n— Ток гьечӏого лъабгогӏаги къоялъ рукӏана. Газ буго. Гьекъолеб лъел рахъалъги гьабсагӏат къварилъи гьечӏо. Бакӏ-бакӏаздаса битӏун бачӏана. Цогидаб жоялъе хӏалтӏизабизе артезианалъул лъимги буго кӏудиял къалал цӏун.\n— Школалда дарсал кьей гьоркьоб къотӏанищ?\n— Школалъул минаги ккана лъеде гъоркье. Амма дарсал гьоркьор къотӏизе течӏо. Нижер гьаниб букӏараб мадрасаялъул кӏиго минаялда жанир цӏализарулел руго лъимал. Гьединго нижехъе вачӏун вукӏана републикаялъул лъай кьеялъул министр. Гьесги рагӏи кьуна гъоркь букӏаралъул бакӏалда цӏияб, модулалъулаб школа базе.\nНижехъе рачӏиналде батулеб Гӏадилотар росдае ккана бищунго кӏудияб зарал. Гьенибе лъим кӏанцӏун букӏин лъарабго, гьениса бачӏунеб ихх цогидаб рахъалде чвахизабизе тадбирал гьаруна росдал гӏолохъабаз. Нижее хӏалае рачӏана Сивухъ росдал гӏолохъабиги. Баркала буго киназего ва щивасдаса Аллагьги разилъаги.\nМелъелтӏаса ва цогидалги росабалъа ракьцоязул кумек\n— Райадминистрациялъул рахъалдасанги бажарараб кумек гьабизе бугин бицана районалъул нухмалъулесул заместитель Мухтарахӏмад Ахӏмадовас.\n— Жакъа гьаниб хӏалтӏулеб буго районалъул комиссия. Гьелде тӏадеги, кинабго лъим нахъе ун хадуб, росабалъа волонтералги ракӏарун, щибаб мина-рукъалъе кумек гьабизе, къадал эхетизе, тӏохал разе чагӏи рукӏине руго гьанир. Киназулго минаби рукӏалиде ккезаричӏого гьаниса нахъе ине гьечӏо. Гьединаб буго районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповасул тӏадкъай.\n— Администрациялъул рахъалдасан гӏарцудалъун кумекги гьабизе батиларищха?\n— Зарал ккарав щивав чиясе районалъул нухмалъиялъ кумек гьабизе буго. Гьелда течӏого, щибаб росдацаги бакӏарулеб буго гӏарац. Гьединго гӏарац бакӏарулеб буго «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъги. Гьезда хъвачӏого, щибаб росдал будун-дибирзабаз мажгиталдаги рагьун буго къварилъи ккаразе садакъаде гӏарац кьезе хасаб счет. Гьадинаб балагьалда цере кинавго чи цолъун, цоцазе кумекалъе гъункулеб гӏадат буго нилъехъе умумуздасанго бачӏараб. Гьеб жакъа нилъецаги рехун тун гьечӏо. Аллагьас хъван батани, гьалдаса хадубги хадур рачӏунезги цӏунила гьеб гӏадат.\n«Гьаб кӏочараб бихьугеги… Хутӏараб бигьаяб жо»\nТӏубанго лъеца мина-карт хвезабуразул цояв ккола Цӏияб Цӏиликьа Гӏалихъиличев Исмагӏил. Мажгиталдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, цо къватӏ бахун добехун буго гьесул мина. Тӏад резиналъул чакмаялги ретӏун лъугьана ниж, жеги хӏабургъараб лъеца цӏун бугеб гьесул азбаралъуре.\n— 1984 соналда гочана дун Цӏияб Цӏиликье, Хӏалтӏана механизаторлъун. Дирго квералъ бараб мина букӏана гьаб. Цогидазулго гӏадин, саманалъул кирпичалъ гьарурал къадал рукӏана дирги. Амма бищун кӏудияб гъалатӏ биччан батана, мина балаго, гьелъул кьучӏ борхизабун букӏинчӏолъи. Гьединлъидал, жакъа дица цогидаздаги рагӏизе букӏине абулеб буго, гӏатӏиракьалда ралел минаби кӏванагӏан цӏикӏкӏун кьучӏ борхатаб гьабун райилан.\nЦебесеб къоялъ гӏумраялдаса руссун рукӏана дунги хъизанги гьаб кинабго ккелалде. Доб сордоялъги нижерго тухум-кьибилалъул чагӏи ахӏараб кӏудияб мавлид букӏана дир гьаниб. Сордо бан гьелги гьанирго чӏун рукӏана. Лъим кӏанцӏун бугин ахӏи бахъиндал, хехаб къагӏидаялъ цин гьел рахинаруна машинаялде. Хадуйго хъизанги йитӏана Хасавюрталде, — ян бицана Исмагӏилица.\n— Битӏараб бицани, нижерго мина рукъ гъанкъиялъул ургъел кӏоченабуна, сордо бан гьанир рукӏарал гӏагарлъиялъул чагӏи рорчӏилародаян абурал пикрабаз, — ан бицана гьесул хъизан Патӏиматицаги. — Гьел сах-саламатго рорчӏанин абураб хабар рагӏидал, гӏемер йохиялъ макьуго щвечӏо доб сордоялъ.\nГӏажаибго рекӏее гӏуна нижее, бихьараб къварилъиялда къуркьизаризе кӏвечӏел, ракӏ разиял гьурмалгун, гӏадатго нижеда гара-чӏварулел рос-лъади рихьидал. Жамагӏаталъулго хӏажат тӏубалев чи вукӏанин Исмагӏилилан абуна нижеда цадахъ вукӏарав райадминистрациялъул заместитель Мухтарахӏмадицаги. Исмагӏилги гьевги цадахъ цӏалулелги рукӏун руго.\nГьале гьаниб букӏанин гьесул мастерскаялъул рукъилан, азбаралъуре рачӏунаго тӏоцебе батулеб, хӏарщулги кьищни-къулалъулги цӏун бугеб цо рукъги бихьизабуна гьес.\nЧанго соналъ росдал депутатлъунги бегавуласул заместительлъунги хӏалтӏун вуго гьев.\n— Гьале ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ гьесие кьун рукӏарал шапакъаталги Баркалаялъул кагъаталги, — ян рихьизаруна Патӏиматица, хӏарщулъе ккун рукӏарал гьелги кодоре росулаго. — Гьаб цояб рокъор, нижгун цадахъ гӏумру гьабун рукӏана ясги гьелъул лъималги.\nЦогидаб къайи-цӏаялда гьоркьор ругоан нахъе босизе заман гӏечӏого гьенирго хутӏарал расанкӏабиги.\n— Нижго гӏадин, мина-карт биххарал хъизамал жеги руго Цӏияб Цӏиликь, — ан абуна Патӏиматица хадубги. — Доле доб мина бихьулищ, гӏурччинаб махх тӏад ккураб, цояб рахъалде гьетӏун буго доб. Долъул бетӏергьаби жеги гӏумраялдаса руссинчӏо.\nЦӏияб Цӏиликь гӏумру гьабун руго Дагъистаналъул муфтилъун вукӏарав Сайидмухӏамад-хӏажи Абубакаровасул гӏагарлъиги. Хасмухӏамад-хӏажил кӏиго яцгӏалги йигин жидедаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏогоян бицана Патӏиматица. Гьезулги минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялъубе кӏанцӏун бугоан лъим.\n— Гьаб кӏочараб бихьугеги, Аллагьасул цӏобалдалъун гӏадан-чиясе къварилъи ккечӏелъул, щукру-рецц гьабун рукӏине ккела нилъ. Минаяли цӏидасан базе бегьула, — ян абуна Исмагӏилица, къо-лъикӏ гьабизе нижер квералги росулаго. — Нужее кӏудияб баркала, Аллагь разилъаги гьанире щвезегӏан рачӏарал нужедаса, — янги абун, нижее гьара-рахьи гьабулев тана ракӏ лъикӏав гьев инсан.\nГьединал, иманалъул жаниса ругӏун цӏурал чагӏазул баракаталъ цӏунун хутӏун ратила нилъ дагьабги кӏудияб балагьалде ккечӏогоян хӏисаб гьабуна дица, Цӏияб Цӏиликьа къватӏире лъугьунаго. Гьединал чагӏи жеги чӏаго рукӏиналъухъ Бетӏергьанасе щукру буго, гьел ругебгӏан мехалда гьезул гьениб гӏумруги цӏилъила. Дир рагӏаби тасдикъ гьаризего гӏадин, цо азбаралъуб хӏелекоги гӏегӏедана, чодул пунхъиги чахъабазул гъадиги рагӏун, сверухълъи чӏаголъун бачӏана…\nБакъаникак ахӏулев будунасул гьаркьида гъоркь къо-лъикӏ гьабуна нижеца гӏатӏиракьалда бугеб гьеб магӏарул росдалгун.\nАшахан Юсупов, Махӏачхъала-Цӏияб Цӏиликь"}
{"slug": "va-bana-cziad-va-rihhizaruna-rukzal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=va-bana-cziad-va-rihhizaruna-rukzal", "title": "Ва бана цӏад, ва риххизаруна рукъзал", "date": "2026-04-09 14:46:13", "categories": ["kkara-tar", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистан нахъеги асир гьабуна лъеца\nАнкь гьоркьоб иналде цӏидасанги республикаялде бараб цӏадалъ цӏи-цӏиял заралал гьаруна гӏадамазе.\nДербент районалда лълъелъ тӏерхьун буго 500-ялдасаги цӏикӏкӏун мина-рукъ. Гӏадамал гьениса нахъе гочинаруна. Цӏадаца гӏураб зарал гьабуна Хайдакъ районалъеги. Кирки абураб росулъа цо гӏадан лълъелъ гъанкъун ятана. Дербент ва ДагъОгни шагьаразда киналго ясли-ахалги школалги къан руго.\nГъоркь букӏараб кӏочон телалде, кӏиабизе бараб цӏадаца нахъеги лъетӏа босана Махӏачхъалаги. Лъеца рацана шагьаралъул Редукторазул ва Сепараторазул поселокал.\nГьеб кинабго кӏочон тезабуна цӏияб автостанциялда аскӏоб, Перова къотӏноб бугеб минаялъул гӏадамазе ккараб къварилъи бихьидал. Лъеца кьучӏги жагъал гьабун, расуда бараб жо гӏадин цояб хьолбодеги гьетӏун чӏана гьениб чанго тӏалаялъулаб мина. Гьенир рукӏарал гӏадамал нахъе гочинаруна. Гьатӏан къоялъ, 5 апрелалда къварилъи ккараб бакӏалде ва гӏадамалгун дандчӏвазе вачӏун вукӏана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовги.\nБиххун иналда хӏинкъи бугеб бакӏалда мина базе ихтияр кьурал хӏакимзабиги ралагьун, гьел тамихӏалде цӏазе ругин лъазабуна бетӏерас,\nНахъисеб къоялъ, 6 апрелалда, хӏукуматалъул минаялъуб букӏараб данделъиялда Сергей Меликовас лъазабуна гӏурумухъда тӏад гӏемертӏалаяб мина баялда хурхун цӏех-рехалъул тадбирал байбихьанин абун.\n«Цогидал минабиги ран руго гӏурумухъ унеб бакӏалда, — ян абуна данделъиялда С. Меликовас. — Халгьабиялъулал тадбирал унел руго, гӏайибияв тамихӏалде цӏазе ккола. Амма дие гьаниб абизе бокьараб жо буго гьадинаб. Сон-церекъад цӏияб хъулухъалде тӏамурав чи, 10-15 соналъ цебе букӏараб жоялъухъ жаваб кьезе тӏамуни, гьеб битӏун букӏинаро. Гьединлъидал, бокьилаан чанго соналъ цебе гьеб мина базе изну кьурал гӏадамазда хурхунги тӏобитӏизе гьеб халгьаби ва щивав чияс жавабги кьезе», — ян абуна республикаялъул нухмалъулес.\nГӏорал руго хъудулел, жал хъуб гьарулел ругин\nАраб анкьалда чвахунцӏадалдаса хадуб Махӏачхъала лъеца лъалъаялъе гӏиллалъун ккола Тарнаирка абураб гӏорда тӏад низам гьечӏого рарал бакӏазул гӏалагъважа.\nРеспубликаялъул Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул рахъалъ министерствоялъ гьабураб халгьабиялдаса хадуб тӏатинабуна гьеб хӏужа. Гьез бицухъе, Тарнаирка гӏорда тӏад батун буго къануналда дандекколареб хӏалалъ бараб 20 бакӏ. Гьезда гьоркьор руго гӏадамаз гӏумру гьабулел минабиги. Гьедин гӏадлу гьечӏого рарал бакӏаз буго кинабго хвезабун ва цӏад банщинахъе гьел сабаблъун лъеца гъанкъизабулеб буго тӏолабго сверухълъи.\nЦӏех-рехалъ бихьизабуна гьедин бакӏазул хӏинкъи букӏин. Марталъул ахиралда бараб цӏадалъ биххизабуна нусгогӏанасеб рукъ, канлъи гьечӏого хутӏана 500 азарго чи. Гьеб кинабго ккола, къануналда тӏасан галиги тӏамун, Тарнаирка гӏорда гӏагарлъухъ рарал бакӏазул «баракат».\nХалгьабиялда рекъон гьабураб цӏех-рехалъул материал Махӏачхъалаялъул администрациялде кьун буго жавабиял идарабаз. Шагьаралъул нухмалъи хӏадурлъулеб буго гьелъул иск судалде кьезе ва хадурккунги гьединал гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалал ккунгутӏизе, низам гьечӏого гӏорда тӏад рарал бакӏал щущазаризе.\nТарнаирка ва Черкес-Озень гӏорал рацӏцӏад гьаризе ругин бицана 6 апрелалда журналистазе республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас.\n— Гьел гӏурумухъазда тӏад минаби ран рукӏинчӏелани, гьабгонияб балагь ккелароан букӏараб гӏадамазе. Нижеца халги гьабун, гӏайибияв щивали лъазабизе буго. Нижеца тӏатинабизе буго лъица ва кида лъелмухъалда тӏад гӏемертӏалаял минаби разе изну кьурабали. Гьел рарал ва гӏадамазул гӏумруялъе зарал ккезе квербакъарал чагӏаз къануналда цебе жаваб кьезе буго, — ян абуна бетӏерас.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "sunduhha-dagistaniyal-rokilel", "url": "https://hakikat.info/?nationals=sunduhha-dagistaniyal-rokilel", "title": "Сундухъха дагъистаниял рокьилел?", "date": "2026-04-09 15:02:19", "categories": ["gurkhiel-rakhimu", "insan", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03… ва буго Дагъистан, 05\nКъого соналъ цебегӏанго дадал гӏарцуца къватӏисеб хӏукуматалда гӏумру гьабизе ворчӏарав «цӏияв дагъистанияс» хъван букӏана «Щай дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ватӏаналде «лагӏараб» макъала. Гьелда ничгьечӏица жужахӏалъул къавмалъулгӏанги рехсечӏеб гӏунгутӏи тун букӏинчӏо Мугӏрул Улкаялъул гӏадамазул.\nАмма дагъистанияз (СВОялда, ракълилаб гӏумруялда, тӏабигӏияб балагьалъул къохӏехьеялда…) рихьизарулел бахӏарчиял гьунараз, яхӏ бугел ишаз къойил кьарияб мугьру чӏвала дов хиянатчияс абуралъул гӏаксалда иш букӏиналда тӏад.\n28 март лъугьана Дагъистаналъе тохлъизарураб ва захӏматаб хӏалбихьилъун — 107 соналъ букӏинчӏеб гӏадаб гучаб тӏабигӏияб балагьалъул асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мацӏ лъалареб боцӏи. Метеорологаз моцӏие бегьулеблъун бихьизабураб цӏадал къадаралдаса 417 % цӏикӏкӏун бана гьеб, Аллагьасул хӏалкӏолъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб. Ралъад тӏун бараб цӏадал гучал иххаз риххизаруна кьоял, нухал, маххул нухал, лъелги токалъулги мухъал. 800 хъизам хутӏана гӏумруялъ данде гьабураб гӏарцухъ бараб мина-картги гьечӏого, гъанкъана 1200 ах-хур, рикӏкӏен къосинебгӏан гӏемер рукъалъул боцӏи-панз. Канлъигун бухьен гьечӏого хутӏана бащдаб миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи. Дир гӏадатаб халкъалъе ккараб зиян политиказ борцунеб буго миллиардаз.\nАмма дие жакъа гьелъул гуро бицине бокьун бугеб. Цӏоб Гӏатӏидав Аллагьасде жидерго бугеб мутӏигӏлъигун, ракӏразилъи-имангун къулчӏана ватӏанцояз тӏаде бачӏараб къварилъи. Гьале, машинабиги ричун гумузда хьвадизе, лъеда тӏад гӏумру гьабизе ругьун гьарилилан махсараби гьарулелцин дир аваданал ватӏанцоязул цо-цоял….\nЖакъа бицине бокьун буго сундухъ дие гьаб халкъ хирияб бугебали.\nГьеб батизе бегьула, къанагӏатаб унтуца хвалил кӏичӏикье ккарал лъимал хвасар гьариялъе анкьида жаниб жидерго мукъсанаб «бищунго гӏодобегӏанаб харжил роценалдаса» 230 млн гъурущ бакӏаризе кӏолеб цолъиялъухъги.\nЖидерго гӏумруялъе хӏинкъигун бехе унеб гьалагаб гӏурулъе катитӏанчӏи хвасар гьаризе рортулеб «гӏалхулаб» бахӏарчилъиялъухъги.\nТӏабигӏияб балагьалдаса хадур жиде-жидер рокъоре, гостиницабазде гьоболлъи базе гӏадамал ахӏулел, лъадал балагьалдалъун машинаби, техника хваразул гьеб къачӏазе, бихха-хочи ккараб бакӏалдаса кьищни нахъе босизе, насосалъ лъим цӏузе хӏадурал ругин ахӏи барал рикӏкӏен гӏемерал лъазабияздасан бихьулеб квергӏатӏилъиялъухъги.\nХасаб тахбакӏ дир рекӏелъ гьал гӏажаибал гӏадамаз ккун батила дол чӏегӏерал къояз рокъоса къватӏире рахъине санагӏат гьечӏел херал-беццазе рокъо-рокъобе къваригӏараб-тараб босун ун бихьизабураб гурхӏел-цӏобалъги.\nУзухъда, хъизамалда цогӏаги сурукъ гьечӏого хутӏуларин абухъе, камуларо жал думалъго гьанир хутӏизеги ругин, сиратӏалъул кьоги ришватги кьун бахинин ракӏалде кколел хъантӏелалги. Гьединалха доб гьекъолеб лъел щуго литралъухъ 170-180 гъурущ ахӏулел даранчагӏиги, гьадаб гӏалагъважаялда гьоркьоб нухлул хӏакъ анцӏго нухалъ цӏикӏкӏун босарал таксисталги. Гьединазе нилъеца тела рогьоялъул хъорщода бакӏ.\nРеццалъул хъорщодайин абуни чӏвала «Тооба» рахӏмуялъулаб кумек бакӏарулеб платформаялда чвахунцӏадаздалъун зарал ккаразе 30 млн гъурущ, цӏарги бахчун, садакъа гьабурав «Египетский мангуст» сахаватчи. Ялъуни 1957 соналдаса нахъе Хасавюрт районалде бахъараб хунздерил гӏадамаздасан гӏуцӏараб Шагьада росулъа свак лъаларев экскаваторщик Гӏалисканди. Гьев гӏолохъанаб гуреб ригьалъул чи я жиндаго, я жиндирго техникаялда барахщичӏого, сордо-къоялъ хӏалтӏун вуго росуцоязул буголъи хвасар гьабизелъун. Шегьдерил росулъ бащдаб къадар рукъзабазул гъанкъичӏого хутӏун буго гьесул захӏматалдалъун. Жив халкъалда лъазе мустахӏикъав вуго Шодродаса Хатӏиб абурав бахӏарчиги. Жиндирго кӏитӏалаяб рукъ лъеда гъоркье ун къварилъиялда вугев гьесул къуват гӏун буго лъабго лъималгун эбелалъул гӏумру хвасар гьабун, гъанкъулеб бугеб жидерго рокъоса, решеткаги хъухъан, гьел къватӏире рахъизе.\nРокьиларел кинха дагъистаниял, Цӏияб Цӏиликь росулъ гӏадал гӏолохъаби жанир ругеб? Кодор ккун гьанжего гьанже гьарурал бачал-кьагӏигун риччарал ракъвачӏо гьел гьал захӏматал къояз. Боцӏудацин гьезул гурхӏелалъул гучалъ лъил ракӏха чучилареб?\nРецциларел кин, росдал имамасул ахӏиялда хадур рилълъун, ункъо сагӏаталда жаниб анлъго «Газель» гьекъолеб лъел цӏезабун къварилъи ккаразе битӏарал Хунзахъ росдал гӏадамал…\nЖеги чанго гьумер цӏун рехсезе бегьилаан сундухъ дие дагъистаниял рокьулелали, щай дун гьезда гьоркьоса йикӏиналдаса чӏухӏулеяли. Амма щай? Киназдаго бихьидал гьазул гурхӏел бугел ракӏалги бахӏарчияб гӏамалги, яхӏ буголъигун чилъиги, къварилъиялда сверухъ букъараб зар гӏадин цолъиги?!\nХьул буго гьезул гӏамалалдаги къохӏехьеялдаги рекъараб кумек пачалихъалдасан Дагъистаналъул халкъалъе щвезе букӏиналде ва жидерго къварилъигун гьел рехун тунгутӏиялде.\nРасул Хӏамзатовас, жиндирго ватӏаналъул бицунаго, абулаан Дагъистаналъул лъабго хазина: ракь (мугӏрул, гӏатӏиракьал), лъим (Каспий ралъад, хӏорал) ва хутӏарабщинаб ругилан.\nЖакъа нахъе вукӏаравани, ракӏчӏун абизе кӏола, шагӏирас Дагъистаналъул аслияб ва хиси гьечӏеб хазиналъун гьелъул гӏадамал рикӏкӏинаан.\nФ. Мухӏамадова, «Росдал захӏматчи» газеталъул бетӏерай редактор"}
{"slug": "ebelalul-kochiol-hiikmatab-hiasrat", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ebelalul-kochiol-hiikmatab-hiasrat", "title": "Эбелалъул кочӏол хӏикматаб хӏасрат", "date": "2026-04-09 15:09:22", "categories": ["lit", "magiarukh", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Эбелалъул кечӏ. Цин гьелъ кьучӏ лъола кинидахъ. Гьеб кечӏалъ нилъее бицуна лъимералъул гьимиялъулги, рохелалъулги, гӏодиялъулги. Гьеб кочӏохъ гӏенеккидал, лъала нилъеда кинида бущараб хӏикматалъул щибаб галулги, гьелъ тӏоцебе абураб рагӏул — бабайилан гьелъ абидал, анкьзобалаздеги боржуна кечӏ. Лъимералда цадахъ кӏудиябги гӏола гьеб, эбелалъул кечӏ. Эбелалъул кочӏол магӏнаги хисула. Гьелъулъ цӏикӏкӏуна хӏасратги, къварилъи-пашманлъиги, рохел-гӏатӏилъиги, угьи-зигараги. Гьединаб буго эбелалъул кечӏ. Гьелъул хӏасрат борцунеб роценго бугебдай.\nУлбузул сариназ данде гьаруна\n6-8 апрелалда «Кинидахъ кечӏ» абураб цӏаралда гъоркь эбелалъул кочӏол фестиваль тӏобитӏана Хунзахъ районалда. Гьединаб тадбир Дагъистаналда тӏобитӏулеб буго тӏоцебесеб нухалда. Гьелъие байбихьи лъуна гъоркьисала Татарстаналда. Байрам тӏобитӏиялъе байбихьи лъураб куцалъул бицана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатовалъ:\n— Социалиял гьиназдасан диргун бухьен гьабуна Татарстаналдаса пишацояз. Гьез бицана «Кинидахъ кечӏ» абураб жидерго проекталъул хӏакъалъулъ, республикаялда гьеб тӏобитӏиялъул ва абуна жидее кӏиабилеб фестиваль тӏобитӏизе бокьун бугин Хӏамзатил Расулил Ватӏаналдайилан. Диеги цӏакъ рекӏее гӏуна гьеб. Дандбана районалъул бетӏер Нурмухӏамад Махсудхӏажиевичасда, управлениялъул хӏалтӏухъабазда, школалъул директорзабазда, ясли-ахазул нухмалъулезда. Ва байбихьана тадбиралде хӏадурлъизе. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго тӏоцебесеб къоялдаса нахъе дида хьолбохъ эхетарал киназего. Гьезул кумекалдалъун бажарана фестиваль тӏобитӏизеги. Гьадинал тадбиразул пайда цӏикӏкӏараб буго цӏиял гӏелазе рухӏияб тарбия кьеялъулъ. Тӏоцебесеб иргаялда, районалда лъазабуна «Кинидахъ кечӏ» абураб конкурс. Гьелъул гӏахьалчагӏаз конкурсалде ритӏун рачӏана лъабго минуталъул видеороликал, жидецаго кинидахъ кучӏдул ахӏулел. Гьелъулги хӏасилал гьаризе руго фестивалалъул ахиралда. Биччанте цохӏо гьаб лъагӏелалъ гуребги, щибаб къоялъ, щибаб минут-секундалъ цолъун, цоцазе кумекалъе ратизе Россиялъул киналго халкъал.\n— Патӏимат Хӏадисовнаялъул предложение нижееги цӏакъ рекӏее гӏуна. Ва нижецаги байбихьана тадиралде хӏадурлъи гьабизе «Кинидахъ кечӏ» абураб конкурс лъазабиялдасан. Кӏиабилеб иргаялда, кӏудияв шагӏирасул васигат букӏана улбузул кучӏдул цӏунейилан абураб. Пикру бачӏана, шагӏирасул гьеб ахӏиялъе гьитӏинабго жаваб хӏисабалда, тадбир тӏобитӏизе ва гьениб жагараб гӏахьаллъи гьабизе. Ясли-ахаздасанго байбихьизеги ккола рахьдал мацӏалде рокьи. Гьеб рокьи гьарзаго букӏуна эбелалъул кочӏолъ. Гьеб кочӏол магӏна лъимадуе тӏубанго загьирлъула гӏицӏго рахьдал мацӏалъул кумекалдалъун. Эбелалъул кечӏги, рахьдал мацӏги, эбеллъун яхъиналъул талихӏги, талихӏаб лъимерлъиги, гьитӏинаб ватӏаналде букӏине кколеб кӏудияб рокьиги, кӏудияб Ватӏаналъе ритӏухъаллъун рукӏине балеб гьаги, гьелъие мустахӏикъал гӏелал куцайги — гьединаб буго фестивалалъул магӏна, — ян бицана гьелъ.\nХалкъазда гьоркьоб лъураб гьудуллъиялъул кьо\nГьадинаб цӏар кьун букӏана фестиваль жиндасан байбихьараб кулинариялъул мастер-классалъе. Гьелда гӏахьаллъана Краснодаралдаса, Татарстаналдаса, Мордовиялдаса, Абхазиялдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса гьалбал. Тадбир тӏобитӏулеб букӏана районалда бугеб «Журавли» рестораналда. Гьалбадерица хӏадурана жидерго ракьалъул миллиял нигӏматал. Хӏалбихьана киналго нигӏматазул. Ва ахиралдаги фестивалалъул киналго гӏахьалчагӏазе щолеб къадаралда хӏадур гьабуна татаразул миллияб нигӏмат «чак-чак» (натухӏ). Гьалбадерица тӏадегӏанаб къимат кьуна районалъул нухмалъиялъеги тадбир хӏадур гьабуразеги:\n— Бицунеб рагӏун букӏана Дагъистаналъулги гьелъул халкъазулги лъикӏлъиялъулги, тӏокӏлъиялъулги, цогидал халкъаздехун ва гьединго дин батӏияздехунги бугеб гьезул адабалъулаб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб нижеда жакъа мухӏканго бихьана Хунзахъ районалдаги, кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулил Ватӏаналда. Цин досул кучӏдуз рагьана нижее Дагъистаналъул халкъазул тӏадегӏанлъиги борхалъиги ва жакъа гьесул ватӏаналдаги бихьана гьел рагӏабазул ритӏухълъи. Ниж гьанире ккана Дагъистаналъе захӏматал къояз. Амма нужеца гьалбадерида бихьизе толеб гьечӏо нужерго пашманлъи. Гьеб къварилъиялъ цолъизарурал нуж дагьалги къвакӏулел руго. Нужер буго къуркьи гьечӏеб халкъ. Гьайгьай, тӏолабго россиялъулаз гӏадин, нижедаги ракӏалда буго нужее, гьитӏинаб букӏаниги, кумек гьабизе. Гӏемермиллатазулаб Дагъистан ккола дунялалъего гьудуллъиялъул кӏудияб мисаллъун. Жакъа Дагъистан байрамазде регӏун гьечӏониги, нужеца кӏудияб адаб гьабулеб буго нижер, гьурмаздаса гьимиги камулеб гьечӏо. Гьеб кинабго нижее, гьалбадерие гӏоло. Гьебги ккола кӏудияб бажариги чилъиги, — ян абуна гьез жидерго кӏалъаязда.\nЦӏидасан угьдана эбелалъул кечӏ\nФестивалалъул кӏиабилеб къо байбихьана «Хъахӏал къункъраби» мемориалияб комплексалда Эбелалъеги лъимералъеги бараб сиялда цере тӏугьдул лъеялдалъун. Гьенир гӏахьаллъаразда гьоркьор рукӏана районалъул бетӏер Н. Задиев, лъай кьеялъул управлениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатова, районалъул Жамгӏияб Палатаялъул председатель Хъайтмаз Аварский, Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батирова, районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редактор Фатима Мухӏамадова, «Россиялъул бищун лъикӏав учитель» конкурсалъул лауреат, Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялъул учитель Мухӏамад Манапов, районалъул школазул директорзаби, ясли-ахазул нухмалъулел ва цогидалги гьалбал. Районалъул школазул цӏалдохъабаз ва ясли-ахазул гьитӏичаз рикӏкӏана ва ахӏана эбелалъе сайгъат гьарурал кучӏдул.\nГьанибги цо лахӏзаталъ угьдана эбелалъул кечӏ. Цӏидасанги ракӏалде щвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъги, рагъул гӏахьалчагӏиги, жакъаги Ватӏаналъул парахалъи цӏунулел ругел гӏолохъабиги гӏолил ясалги. Угьдана эбелалъул кечӏ. Цӏидасанги гьеб рохалил цӏураб гӏадаб асар ккана. Жиндир кочӏое мустахӏикъаллъун ва ритӏухъаллъун хутӏарал СВОялда ругел васазе рецц гьабун, цӏидасанги чӏухӏана ва борхалъиялде боржун ана эбелалъул кечӏ…\nЭбеллъи — рухӏияб къуват\nМемориалияб комплексалда бугеб шагӏирасул музеялда гьалбадерида дандчӏвай гьабуна Хӏамзатил Расулил асарал хъвараб гаргадулеб тӏехьалъ (говорящая книга). Дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» кечӏ цӏалдохъабаз цӏалана гӏурус, магӏарул, татар ва мордовазул мацӏазда. Ралагьизе гъира кколедухъ гьабун бугоан «Гаргадулеб тӏехьги». Лъималаз кучӏдул рикӏкӏунелъул, щибаб кечӏалъе баян кьолеб букӏана хӏикматаб тӏехьалъ. Гьенибго гӏуцӏун букӏана миллияб кванил бокӏонги. Гьенирго рукӏана гьайбатал угьарухъабиги — районалъул искусствабазул школалъул цӏалдохъаби. Гьез гьалбадерие бицана жидецаго угьулел ругел накъищазул. Гьалбадерица хӏалбихьана Дагъистаналъул халкъазул кванил нигӏматазулги. Ва гьенибго чай гьекъана цебесеб къоялъ кванил нигӏматазул мастер- классалда хӏадурараб натӏухӏгун. Гьанибги ракӏалде щвана дида умумузул «Богӏол рокьийилан» абураб абиги. Унго-унгоги, цадахъ кваналеб яги чай гьекъолеб мехалда, кванда букӏунеб хӏикматаб тӏагӏам. Гьеб тӏагӏамалъ цоцазе бикьулебщинаб рокьи. Гьеб нилъер бидулъги бессун хутӏулеб батила.\nХадуб «Эбеллъи — рухӏияб къуват» абураб цӏаралда гъоркь тӏобитӏана гургинаб стол. Гьелъул гӏахьалчагӏаз кӏудияб кӏвар кьун бицана эбеллъун яхъиналъул берцинлъиялъулги, гьелъулъ бугеб рухӏияб къуваталъулги, улбузул, кӏудиял улбузул кинидахъ кучӏдузулги, жакъа къоялъги гьезул бугеб пайдаялъулги хӏакъалъулъ. Гьенир гӏахьаллъана школазул директорзабиги, ясли-ахазул нухмалъулелги, дица тӏадехун цӏарал рехсарал фестивалалъул гӏахьалчагӏиги.\nТадбир нухда бачана фестиваль тӏобитӏиялъе тӏоцебесеб гали лъурай Татарстаналдаса «Хӏаят» («Жизнь») гӏуцӏиялъул нухмалъулей Гюльнара Фатхӏрахӏмановалъ. Гьелъ бицана Дагъистаналъул халкъалъги, Хунзахъ районалъул гӏадамазги, мемориалияб комплексалъги жиндиего гьабураб асаралъулги.\nГьалбал ва ясли-ахалъул хӏалтӏухъаби щвана районалдаго бищунго берцинаб мина жиндир бугеб Гӏобода росдал ясли-ахалдеги. Рихьизаруна мастер-классал.\nФестивалалде ахӏун вукӏана 200 гьобол. Республикаялда бугеб къварилъиялъги нухазда бугеб ахӏвал-хӏалалъги киназего гуро рес ккараб тадбиралда гӏахьаллъизе.\nТадбиралъул ахиралда районалъул художествияб хӏаракатчилъиялъул гӏахьалчагӏаз кьуна концерт. Ва ахиралда гьаруна фестивалалда цебесеб «Кинидахъ кечӏ» абураб видеороликазул конкурсалъул хӏасилалги.\nЛъугӏана фестиваль. Лъугӏичӏо эбелалъул кечӏ. Гьелъие ахир гьечӏо, дуниял чӏаго бугебгӏан мехалъ.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "kvatiarab-kantii-tiurachiel-anishhal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kvatiarab-kantii-tiurachiel-anishhal", "title": "Кватӏараб кантӏи, тӏурачӏел анищал", "date": "2026-04-09 15:13:23", "categories": ["insan", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Ахирал соназда цӏикӏкӏунеб буго наркотикал хӏалтӏизарулезул къадар, гӏолохъанлъулеб буго наркоманазул ригьги. Гъизилюрталда букӏараб руччабазул колониялда жанир тӏамуразул гӏемерисел рукӏана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьединазул цояй, Гӏайшатилгун (цӏар хисизабун буго) ункъо соналъ цебе колониялда нижер ккараб гара-чӏвари буго жакъа гьаниб бахъулеб. Гьей йиго 32 сон барай гӏадан, колониялда базе ккола анлъго сон, гара-чӏвари гьабулеб заманалда бан букӏана лъабго сон.\n— Сунца мун тӏамурай такъсир гьабизе, кин ккараб наркотиказулгун бухьен?\n— Дица хӏалтӏизарулаан наркотикал, амма киданиги ккун букӏинчӏо такъсир гьабилин абун. Гӏемераб заман хӏажалъичӏо тӏуянго мекъи кколей йикӏин бихьизе. Наркотикал хӏалтӏизаризе байбихьидал, кин гӏунги гӏолаан гьел росизе гӏарац. Дагь-дагьккун гьезулгун «гьудуллъи» цӏикӏкӏанагӏан цӏикӏкӏана гьезда тӏад унел харжалги. Тӏоцебе гӏарцул рахъалдасан къварилъи букӏинчӏо, амма хадубккун хӏажалъи кколеб букӏана. Цинги, заманалдасан дица байбихьана гьезул цо бутӏа бичизе. Кигӏан хираго рукӏаниги, гьел росизе рокьаралги рукӏунаан. Гьезда гьоркьов вукӏана дида лъикӏ лъалев, божилъи бугев гӏолохъанчи. Иргадулаб нухалъ гьес гьарана наркотик, дица гьеб балагьана ва кьуна гьесухъе, нухда ниж чӏезаруна хасаб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз… ва дида бичӏчӏана дов «гьалмагъас» дун «йичун» йикӏин. Ячана райотделалде, хадуб букӏана суд ва гьале ккана гьание.\n— Кида бичӏчӏараб такъсир гьабураблъи?\n— Гьеб бичӏчӏизе байбихьула мун хӏалтӏухъабаз ккведал. Дица, чӏужугӏаданалъ, хӏалтӏизарулаан наркотикал, цохӏо гьеб хӏужаялъ бихьизабула ва бицуна гӏемераб жоялъул. Дица гьел хӏалтӏизаруна ва гьелдалъун диеги, дир хъизамалъеги, гӏага-божаразеги гьабуна кӏудияб зарал. Гьебго заманалда дица гьел ричулаан цогидазеги, гьелдалъун тӏаде босана кӏудияб мунагь – лъие бугониги ккана материалияб зарал, хвана сахлъи, биххана хъизам ва гӏемераб цогидаб. Гьеб буго дир гӏайибалъул ва гъалатӏазул хӏасил. Гьабсагӏаталда дие кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏо цӏодорал, берцинал рагӏабаздалъун дидаго тӏаса «гьирги» босун, гӏайибияллъун цогидал гьаризе. Хисизабизе кӏолеб жо гьечӏониги, халатккун гьаний йигеб заманалда гьел суалазда тӏад ургъула цӏакъ гӏемер ва Аллагьасда гьарула тӏаса лъугьаян.\n— Рекӏекълъанищ дуцаго гьабуралдаса?\n— Наркотиказулгун бухьен гьаби буго гъалатӏ, амма гьеб дир къисмат гуро. Гьеб гьедин букӏин бихьизабизе дида эркенлъун хадуб гурони кӏоларо. Эркенаб заман кигӏан бокьаниги бугелъул, дица гӏемер пикру гьабула дирго ахӏмакълъиялъул. Дида гӏемер лъикӏ лъалаан наркотиказда аскӏое къазе бегьулареблъи, амма ккана гӏилла — хӏалтӏуда раккана масъалаби, росасулгунги гуро кинабго роцӏцӏун букӏараб. Дир рукӏана гьел хӏалтӏизарулел гьудулзаби, дида гьелги гьезул пишаги кинго бичӏчӏулароан, амма… Цо нухалъ хӏалбихьана — бокьана, кӏиабилеб нухалъги гьабуна гьебго, хадуб лъабабилеб, ана гьедин — кинабго бигьалъана, дун «эркенлъана», масъалаби къана нахъе, кӏочон тана. Амма кватӏун бичӏчӏана къориние ккараблъи. Къо байбихьулаан наркотиказдасан, къо лъугӏулаан гьездасанго, таманаб заман ана гьедин. Гьелъ ячана гьаниеги.\n— Гьанже гьеб кинабго цоги нухалда такрарлъиларин абураб ракӏчӏей бугищ?\n— Ракӏчун абизе кӏола тӏокӏаб киданиги доб магӏишаталде юссинарин абун. Гьание ккун йикӏинчӏейани, жакъаги йикӏине бегьулаан наркотикалги хӏалтӏизарун. Гьединлъидал, гьание ккей дида кинабго бичӏчӏизе, дун кантӏизе ккараб сабабги батила.\nЭркенлъиялда йигеб мехалдаги камулароан тейин гьеб иш, гьелъ мун лъикӏалде ячунарин абулел чагӏи. Амма доб мехалъ дида гьел рагӏулароан, ричӏчӏулароан.\nДир йиго эбел (56 сон), дир йиго яс (12 сон), дун йиго туснахъалда, жаниса йихъ-йихъулей йигониги, щибго гьабизе кӏоларого.\n— Дуца гьабураб гьез гьабичӏого, дуда бихьараб гьезда бихьичӏого букӏинелъун щиб дуца абилеб дурго гӏага-божаразда?\n— Рикӏкӏаде гьаре наркотикал, къаге гьезда аскӏоре, гьезулгун бухьен ккун хадуб буго кӏиго нух — туснахъалде ялъуни хабалъе. Лъабабилеб нух цӏакъго къанагӏатазда гурони батизе кӏоларо. Ккоге гьудуллъи гьел хӏалтӏизарулезулгун. Гӏинтӏаме эбел-инсухъ, гӏенекке гьез бицунелъухъ, гьабе гьез малъараб. Дир эбелалдаги бичӏчӏулеб букӏана дир хьвада-чӏвадиялъулъ лъикӏал гьечӏел гӏаламатал рукӏин, гьелда бихьулаан дун хисун йикӏин, амма гьелда лъалароан щиб дие лъугьарабали. Гьелъ гӏемер абулаан хьвадейин берцинго, гьей йикӏунаан гьабизе жо лъаларого, рахӏатхун. Дида бихьулаан гьеб кинабго, амма дагьабги лъикӏ бихьулаан наркотик. Доб мехалда эбелалъухъ гӏенеккун йикӏарайани, жакъа гьаб харбида нилъ рукӏинароан…\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "muhiamad-patahiovgi-hiakikatalul-gimngi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=muhiamad-patahiovgi-hiakikatalul-gimngi", "title": "Мухӏамад Патахӏовги «Хӏакъикъаталъул» гимнги", "date": "2026-04-09 15:16:09", "categories": ["insan", "kaziyat", "kultur", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "«Релъи-хъуй гьечӏого, рохизе лъалел,\nМагӏу чвахичӏого, гӏодизе лъалел,\nГӏишкъул рекӏараб цӏа цӏунизе лъалел\nМагӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал».\nДагъистаналъул халкъияв поэт Р. Хӏамзатовасул гьел рагӏабаздалъун байбихьулеб кечӏ хадусан лъугьана нилъер магӏарул миллаталъул кидагосеб гимнлъун. Дагъистаналъул цогидал миллатазул гьединаб гимн жеги гьечӏо.\nГимн цӏалулаго яги ахӏулеб рагӏарабго, беразде цебечӏола магӏарулазул цебесеб гӏумру, гӏажаибго берцинаб, бахӏарчияб гӏамал-хасият, халкъалъул тарих. Таманал гӏасрабаз рухӏалда барахщичӏого ватӏанги цӏунарал, ракълилаб гӏумруялда цогидал миллатазе мисалги бихьизабулаго захӏматалъулъ чӏелги босарал умумузул гьунарал щола ракӏалде.\n«Миллаталъул асс ккураб,\nУмумузул нух ккураб,\nНаслабазе лъалкӏ толеб\nТарих буго «Хӏакъикъат», — абурал рагӏабаздалъун байбихьула нилъер халкъалъул чӏухӏилъун кколеб миллияб газеталъул гимнги. Гьелъул автор ккола магӏарулазул, гӏолохъанго гӏумруялдаса ватӏалъананиги, адабияталъул тарихалда бихьулеб лъалкӏ тарав шагӏир, республикаялъул Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб литературияб премиялъул лауреат Мухӏамад Патахӏов (1962-2020).\nЖиндир заманалда гӏемерал соназ республикаялъул магӏарул газеталъул редакциялда хӏалтӏарав, гьелъул кӏвар бичӏчӏулев Мухӏамад Патахӏовасул гьаб кечӏ къватӏибе бачӏана 2013 соналда Дагъистаналъул басмаханаялда къватӏибе биччараб «Рагӏи лъугӏаралъуб магӏу баккила…» абураб тӏехьалда. Гьеб букӏана магӏарул газета къватӏибе бачӏунеб бугелдаса 96 сон тӏубараб, гьелъул пайда ва хӏажалъи халкъалда тӏубанго бичӏчӏараб заман.\nУзухъда, магӏарул газеталъул кӏварги гьелъул къимат-къадруги кӏодо гьабун хъвараб тӏоцебесеб кечӏ гьеб гуро. Гьесде щвезегӏанги (газеталъул араб номералда цӏалулезда рихьунги ратила) Цӏадаса Хӏамзатица, Тажудин Таймасхановас, Расул Хӏамзатовас, Фазу Гӏалиевалъ, Ибрагьим Утарбиевас, Мухӏамад Гӏисаевас ва цогидазги, 1917 соналъул 3 апрелалдаса байбихьун, захӏматчагӏазухъе заманаялъул тӏалабазда рекъон батӏи-батӏиял цӏаразда гъоркь цӏализе щун бугеб магӏарул газеталъе ракӏ-ракӏалъго сайгъат гьарурал жидерго асарал. Гьезул аслияб пикруги буго миллат цолъизаби, гьелъул лъикӏал ишал кӏодо гьари. Дагъистаналъул имам Хӏамзатбегил рагӏаби руго «Халкъалъул цолъи тушманасул яргъидасаги къуватаб буго» абун. Жакъа гьеб умумузул букӏараб цолъи нилъееги цӏакъго хӏажат буго.\nМ. Патахӏовасул гимналъ рагьулел руго магӏарул миллаталъулги гьелъул мурадал къойилго загьир гьарулеб, «умумузул нух ккураб» газеталъулги унго-унгоял, хӏакъикъиял хасиятал.\nГьале гьеб «Хӏакъикъаталъул» гимн:\nМиллаталъул асс ккураб,\nУмумузул нух ккураб,\nНаслабазе лъалкӏ толеб\nТарих буго «Хӏакъикъат».\nИманалда яхӏ лъолеб,\nИсламалда рухӏ лъолеб,\nРитӏухълъи чучулареб\nЧирахъ буго «Хӏакъикъат».\nАдабият буцӏцӏунеб,\nМаданият гӏуцӏулеб,\nГӏаданлъи беричлъулеб,\nБайрахъ буго «Хӏакъикъат».\nЦӏиял харбал гьурщулеб,\nГьикъанщинаб рагьулеб,\nРугьалаби бечедаб\nЧапар буго «Хӏакъикъат».\nБеразе матӏу гӏадаб,\nРакӏазе сурат гӏадаб,\nСабабгун дарман гӏадаб\nГӏакъил буго «Хӏакъикъат».\nАваразул цебехъан,\nВацлъиялъул гьоркьохъан,\nНамусалъул лълъарахъан —\nЧӏахъаги мун, «Хӏакъикъат»!\nГьанже магӏарул газеталда, гьелъул тарихалда ва хӏаракатчилъиялда хурхарал киналниги тадбиразда ахӏула «Хӏакъикъаталъул» гимн». Гьединаб хӏукму ккана редакциялъул хӏалтӏухъабазулги, гьелъул гьудулзабазулги. Чанго къо цебеккун нилъер республикаялъул Хӏукуматалъул рукъалда цебе, тахшагьаралъул аслияб майданалда «Хӏакъикъаталъ» 109 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏуцӏараб тадбиралда гьеб гимн ахӏана Россиялъул культураялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв артист Тӏагьир Къурачевасгун цадахъ газеталъул хӏалтӏухъабаз. Гьелъ кӏудияб асар гьабуна сверун ракӏарарал цогидал миллатазул вакилзабазеги.\nЗикрула Ильясов"}
{"slug": "ulbuzul-darsal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ulbuzul-darsal", "title": "Улбузул дарсал", "date": "2026-04-09 15:18:28", "categories": ["insan", "kultur", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Рагъида диваналда егун йигей Хамизил берал кавудахъ лъун рукӏана, гьебги рагьун, жаниве цониги чиго вачӏинародайилан.\n— Вай, хирияв Аллагь, сундухъха дуца дие гьаб тамихӏ гьабулеб бугеб? Гӏолохъанго росги хун хутӏарай дица гӏезаюна яс. Гьей дие йикӏана гӏумрулъунги рухӏлъунги. Амма жакъа гьелъулгицин заман гӏолеб гьечӏо унтарай, херлъарай дихъе ячӏине. Чан нухалъ гьараниги, жиндего аскӏоеги ячинчӏо. Кигӏан абуниги, ясги йитӏичӏо дида хадуб хъулухъ гьабизе. Рагӏунго букӏана баркала гьечӏел бахьикъосал рукӏунин лъималилан. Божулароан. Бицун божичӏев бихьун божагийилан абухъе, дидаго бадиб цун бихьизабуна Тӏадегӏанас, — илан къваридал пикрабазда йикӏана Хамиз. Цо заманалдасан каву рагьулеб гьаркьихъе гьей бусадаса кӏанцӏун тӏаде яхъана, ва гьелда йихьана, гӏунтӏун гӏансагун, кӏвезего кӏоларого, болъабазул хӏокӏазда кверги чӏван, кӏичӏван къулун ячӏуней Майсарат.\n— Вай, дир хирад! Гьеб хӏалалда кӏоларого ячӏинейищ ккелей йикӏарай. Ячӏунги лъикӏ мун — ракӏщун букӏана, дунго цохӏо чӏалгӏунги йикӏана,- ян данде яхъине хӏалбихьана Хамизица. Амма кӏвечӏо. Гьелъ дагьабги ракӏбакъвана Хамизил. Майсаратида хадуйго гӏунтӏун, екерун ячӏана гьелъул яс Машидатил яс Гӏайнаъ.\n— Дахӏабаба, дун ячӏинегӏанги чӏечӏого, щай арай, — иланги абун, гьелда баана ясалъ. Гьезухъги ялагьун, рухӏдаллъизе бачӏана Хамизида, ва пикрабаз гьей ячана доба кибалиго рикӏкӏада хутӏараб гӏолохъанлъуде…\nХамизги Майсаратги рукӏана цоцаздаса тӏезаризе кӏоларел гьудулзаби. Гӏамалалъ релълъарал гьечӏониги, гьезул кидаго дандекколаан. Майсарат йикӏана мутӏигӏай, хӏеренай, сабру бугей. Хамизида аскӏобейин абуни, сабру киданиги къанго батиларо. Жиндиего бокьараб гурони, гьабизеги гьабулароан гьелъ. Хъачӏлъиялда хадуйги киениги ине кколароан. Майсаратица гӏемер малъа-хъваялги гьарулаан гьудулалъе. Амма Хамизица гӏинтӏамулароан гьелъул рагӏухъ. Росасул гӏагарлъиялъулгунги рагӏи дандеккечӏо Хамизил тӏоцересел къояздаса нахъего. «Бахӏаралъул хинкӏал» квине рачӏаразеги, жиндир ясалъе росасе аралдаса я макьу, я рахӏат гьечӏиланги абун, питна гьабулаан Хамизил эбел Рахӏматица. Гьитӏинабниги дагӏба- къец Хамизидаги Хӏамидидаги гьоркьоб кканиги, гьение гьоркьоеги жуялаан Рахӏмат. Эбел аскӏое ячинейилан лъугьарав Хӏамидги гьелъ цо кӏалъан чӏезавуна, жинца яс дур эбелалъе гурей, дуе кьун йигиланги абун. Гӏагарлъи дандечӏун букӏаниги, жиндиего йокьун ячарай Хамизил рагӏудаса кьуризе бегьуларин ккана Хӏамидидаги. Язихъго, мискинго жийго цохӏо рокъой йигей эбелалъухъе ваккизецин къанагӏат гурони унароан Хӏамид. Хамизицаги яс Анисатие тӏубанго гьукъана кӏодоэбелалъухъе ине. Анисатида цебе гӏемер хӏакъирал рагӏабиги абулаан Хамизица якьадалда.\nХераб хъаз, куцквеш, марга, беццаб руз — гьел рукӏана херай Хӏапизатида нусалдасан рагӏулел бищунго «хӏеренал» рагӏаби.\nМайсаратил яс Машидатин абуни, дада-бабае хъулухъги гьабун, гьелда аскӏойго чӏана. Ясалда божунги толароан Майсаратица якьад. Къойил лъабабго ригьалъ хинаб квенги щвезабулаан гьелъ Загьратие, анкьида жаниб кӏиго-лъабго нухалда чвердезеги гьаюлаан гьелъ якьад. Гӏодобе тӏуни карщ чӏикӏилеб хӏалалда, бацӏцӏадго чӏезабун рукъги букӏунаан гьелъул. Кигӏан Майсаратица гьараниги, аскӏое ячинеги кӏвечӏо Загьрат. Цинги гьелъие хъулухъалъе Майсаратица яс йитӏана. Унтарай жиндирго эбелги аскӏое ячана Майсаратица. Майсаратил эбел Рахӏимахъе гӏемер щолаан Хамизил талихӏкъосарай эбел Рахӏмат. Якьадалъего гӏадай «хӏеренай» эбелалъеги йикӏана Хамиз. Гьелъиего гӏадал «хӏеренал» рагӏаби эбелалъеги сайгъат гьарулаан Хамизица. Батичӏо хинлъи херай Рахӏматида цохӏо йигей ясалъул гъасда. Гьеб хинлъиялда хадуй гӏемер щолаан гьей Майсаратил дое. Рекӏелгъеялъе Рахӏимаги ятулаан гьелда гьений. Ясалъ гьабичӏеб хъулухъги гьабулаан Майсаратица гьудулалъул эбелалъе. Чанги нухалда сардал ранги жидедаго аскӏой чӏезаюлаан Майсаратицаги Рахӏимацаги Рахӏмат. Анисатицаги цӏехолароан дахӏабаба. Машидатида цадахъ Майсаратилъуе ячӏарай гьелда цо- цо дахӏабабаги ятулаан гьений. Чияр дахӏабабада гӏадин кӏалъалаан Анисат Рахӏматида. Майсаратил яс Машидатицацин, къвалги бан, хӏеренго баулаан Хамизида, цинги — Майсаратида ва Рахӏимада. Гьел лахӏзатаз магӏил цӏолаан Рахӏматил берал. Анисат йихьизе гӏоло гӏемер хьвадизе лъугьана Рахӏмат Майсаратил дое. Цо-цо Хамизги яккулаан гьудулалъухъе. Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ бадирчӏваялги гьарулаан Майсаратица Хамизие.\n— Дуе гӏоло гӏумруги рухӏги кьурай эбелалдехун кисан бижараб гьеб рокьукълъи? — ян семулей Майсаратил суалалъе Хамизица абулаан эбелалъе сабру гьабизе манзилхалалъи гӏоларин жиндирилан. Жинцаги яс гӏезайизеги, цӏализайизеги, росасе кьезеги кколин кьварун лъазабуна Хамизица. Мунги эбелалъул цохӏо йикӏанин, гьелъ мунги гӏезаюнин абураб Майсаратил жавабалде дандеги жаваб батулаан гьелда:\n— Доб букӏана батӏияб заман, цо гурде букӏаниги гӏолеб. Гьаб заманалда дир яс йикӏине ккола бищунго къачӏарайги бечедайги,-ян хичун кӏалъалаан Хамиз Майсаратида.\nГӏумру цо бакӏалда чӏун букӏунарелъул, гӏуна кӏудиял Майсаратилги Хамизилги ясал Машидатги Анисатги жидее улбуз кьурал гӏумруялъул дарсалгун цадахъ. Къисматалъ Машидат шагьаралде ячана. Майсаратие бокьун букӏинчӏо, росуги рукъги тун, ясалде аскӏое яхъине. Машидатица жиндирго яс Гӏайнаъ йитӏана магӏарухъе, дахӏабабаде аскӏое. Чӏухӏарайги, бечедайги, берцинайги Анисатги ккана дагьабги кӏудияб шагьаралде. Гьаюна гьелъиеги яс. Хамиз урхъун йикӏана ясалъухъги гьелъул гьитӏичихъги. Амма гьеб урхъи цӏакъго халатбахъана — ахӏичӏо Анисатица эбел жиндихъего. Цо-цо ругьелал щолаан гьелъухъе ясалъухъан цин доя, цин гьаний — батӏиял пачалихъазда тира-сверулей йигилан. Гӏадамазукьа нечарай Хамиз яс йигеб шагьаралда гӏумру гьабун йигей гӏагарай гӏаданалъухъе унаан цо-цо, кӏи-кӏи моцӏалъ, Анисатихъе щвезе ине йигиланги абун. Ана абадияб рокъоре Рахӏматги Рахӏимаги. Бесдалго хутӏараб Рахӏматил хабадеги щолаан Майсарат. Машидатги ячӏунаан санайил Кӏалбиччанкъоялъ кӏияйго дахӏабабал хабаде щвезе. Ясалъ кинго къабул гьайичӏей Хамиз ахир- къадги росулъе тӏадюссана…\nГьале жакъаги щвана Майсарат Хамизихъе. Майсаратие бокьун букӏана гьудулалда гӏолохъанлъи ракӏалде щвезабизе. Амма жинцаго ясалъе кьурал гӏумруялъул дарсазул къурбанлъун ккарай Хамизил бадиса гирун рачӏунел магӏил гараз Майсаратида щурулеб букӏана Хамизида гьеб кӏочараб къого гьечӏилан. Гьедин харбида кӏияйго гьудул йикӏаго, жание лъугьун ячӏана шагьаралдаса ячӏарай Машидат. Гьелда цадахъ моцӏидасан шагьаралде гочинехъин руго Майсаратги Хамизги. Гӏайнаил школа лъугӏана, гьейги институталде заочно цӏализе лъугьинехъин йиго — гьелъ хъулухъ гьабизе кколей кӏиго дахӏабаба йигелъулха.\nХадурагӏи\nЖакъа, лъималги чӏаго рукӏаго, херазул рукъзабахъ ругел эбел- инсул рагӏарабго, дида ракӏалде щола гьаб къваридаб къиса. Цощинаб гьелги кколадай гӏанчӏаб гӏолохъанлъуда лъималазе жидецаго кьурал гӏумруялъул дарсазул къурбаналлъун?!\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "ebelal-dir-kinidah-kuchidul-ahiaralani", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ebelal-dir-kinidah-kuchidul-ahiaralani", "title": "Эбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏаралани", "date": "2026-04-09 15:19:46", "categories": ["lit", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Улбуз рехун тарал лъималги. Лъималаз рехун тарал улбулги. Киналъулдай цӏайи бакӏаб бугеб!? Гьай-гьай, улбуз рехун тарал лъималазул къисматалъул. Яги цо-цо улбузул гӏумруялъул дарсазул хӏасилалда мекъи ккарал лъималазул къисматалъулищ? Гӏолохъанлъиялда жинцаго жиндиего хӏадурараб херлъиялъул язихъаб гъасда цее хутӏана дир гьаб хабаралъул героиняги. Амма гьеб язихълъиялъе кунчӏараб цӏалъун гьелъие ятана гьудулалъул яс, жиндие эбелалъ гӏумруялъул ритӏухъал дарсал кьурай гӏолилай. Гьаб хабарги ургъун бахъараб гуро — кӏиго чӏужугӏаданалъул кӏиго батӏияб къисматалъул хӏакъикъиял хӏужабазул кьучӏалда хъвараб буго, цӏаралги хисизарун.\nЖакъаги дида ракӏалде щвана Хӏамзатил Расулил кечӏ. Эбелалъул кинидахъ ахӏараб кечӏалъе даимаб реццалда вуго гьев. Жиндирго машгьурлъиги гӏадамазде бугеб рокьиги гьес эбелалъул кочӏол хӏасиллъун толеб буго:\n— Дида рокьи ракьалда гьадигӏан лъалароан,\nЭбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏичӏелани…\nДица цӏалдохъабазеги гӏемер бицана ва бицуна эбелалъул кочӏол бугеб къуваталъул хӏакъалъулъ. Бичӏчӏизеги гьабула киналго лъималазе гурин рес кколеб гьеб цӏакъго гьуинаб нигӏматалъул тӏагӏам босизе. Нилъер щивав налъулав вугин гьеб кочӏода цевейилан. Амма чан ругел лъимал гьеб кочол тӏагӏам лъачӏел. Чангияз ахӏулеб, абулеб, щурулеб батила «Эбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏаралани», жиндирги къисмат батӏияб букӏинаанилан абун. Дица кинидахъ кучӏдулги хӏалтӏизарула дирго дарсазда. Унго-унгоги, гьезул бугебщинаб берцинлъи. Талихӏалъ рецӏцӏулел руго гьел кучӏдузул сверуде ккедал, кӏочон тола ракьалда бугебщинаб квешлъиги, цебе чӏола эбелалъул хӏасратаб сипат. Гьедин абизе рес щун буго жакъа дир ва дидаса цере ругел гӏелазе. Щайгурелъул нижее улбуз ахӏана кинидахъги кинидахъ гурелги кучӏдул. Гьел кучӏдул нижеда ракӏалдаги руго. Амма жакъа бугеб гӏелалъул ругелдай рекӏелъ рессун хутӏулел, улбуз жидее ахӏарал кучӏдул. Телефоназ тарбияги кьун, гӏун рачӏунел ругел гьез баркала кьезе бугебдай, Хӏамзатил Расулица гӏадин:\n— Дир мацӏ букӏинароан, дир цӏар букӏинароан…\nЭбелалъ дир кинидахъ кучӏдул ахӏичӏелани…\nГьаб гьитӏинабго колонка хъвалаго, ракӏалде бачӏана цо гьадинаб пикруги. Газеталдасан лъазаруна ва лъазарула чанги батӏи-батӏиял конкурсал- суратал рахъиялъул, кучӏдул, проза ракӏалдасан рикӏкӏиналъул, сочинениял, харбал, кучӏдул хъваялъул. Дида ракӏалде ккана кинидахъ кучӏдул гьариялъул конкурс лъазабизе. Нилъеца хӏалтӏизарула халкъияб кӏалзул гьунаралдаса асарал. Гьездаго гьоркьор кинидахъ кучӏдулги. Амма бокьилаан дие авторазул кинидахъ кучӏдул цӏализеги. Конкурсалде рачӏарал кучӏдул газеталдаги рахъизе руго. Гьел къабул гьаризе руго маялъул ахиралде щвезегӏан. Нужеда ракӏалде ккани, кинидахъ кечӏ хъвазе, битӏе дир электронияб адресалде:\nshamay. kazanbeva@mail.ru."}
{"slug": "ma-bechelanila-dagistan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ma-bechelanila-dagistan", "title": "Ма, бечелъанила… Дагъистан", "date": "2026-04-15 10:07:22", "categories": ["lit", "obshestvo", "tab"], "text": "Ахирал соназда Дагъистаналде туристал рачӏине байбихьаралдаса гьезие хъулухъ гьабулезулги, гьел жанир чӏезе ралел гьалбадерил рукъзабазулги къадар гӏемерго цӏикӏкӏана. Масала, ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял промыслабазул министерствоялъул баяналда рекъон, ахираб щуго соналда жаниб гьеб къадар цӏикӏкӏун буго кӏиго нухалда ва, Северияб Кавказалъул федералияб округалде гьоркьоре унел регионал росани, Дагъистан буго кӏиабилеб бакӏалда. Тӏоцебесеб бакӏалда буго Ставрополь край.\nМугӏрузул санагӏатаб ракь\nГьеб киналдаго цадахъ республикаялда цӏикӏкӏана туроператоразул, ай компаниязул къадарги. Масала, щуго соналъ цебе республикаялда гьединаб 73 компания букӏун батани, гьабсагӏаталда буго 300-гӏанасеб компания, 50-60 проценталъ гӏемерлъана республикаялде рачӏунел туристазул къадарги.\nРоссиялъул туриндустриялъул союзалъул правлениялъул член Сергей Ромашкинил рагӏабазда рекъон, тӏолабго улкаялъул регионазда гьоркьоб туристаз тира-сверизе инелъун тӏаса рищулел регионазул цебесеб кьерда буго Дагъистан.\n— Аслияб куцалда гьез тӏаса бищулеб буго Дербенталде, мугӏрузул росабалъе, чвахалаби ругел бакӏазде гьарулел маршрутал. Цересел соназде дандеккун, Каспий ралъдахъ чвердезе ва хӏухьбахъизе бокьулел дагьлъулел руго. Гьелъие гӏиллаги ккола цересел соназ къан букӏараб Чӏегӏер ралъдал рагӏалда бугеб Анапа шагьаралъул пляжал хӏалтӏизе риччай. Кӏиабизе, Каспий ралъдал рагӏалда туристазе рекъонкколел санагӏалъаби гьечӏолъи ва ралъадги чорокго букӏин. Лъабабизе, Россиялъул туристал ругьунлъун рукӏана Чӏегӏер ралъдахъе, хасго Анапаялде хьвадун, гьанжеги гьез ругьунабго маршрут тӏаса бищулеб буго, — ян бицана С. Ромашкиница.\n«Авито Путешествий» порталалъул баяназда рекъон, апрель моцӏалда туристаз, цебеккунго гӏарацги кьун, ижараялъ ккурал рукъзабазул рахъалъги Дагъистан буго цебесеб бакӏалда. Гьелъие гӏиллалъунги рехсолеб буго ккураб рукъалъухъ сордо-къоялда жаниб кьезе кколеб гӏарац нилъер гьаниб дагьаб букӏин. Масала, Калмыкиялда яги Ставрополалда гьоркьохъеб багьа 3700 гъурущ батани, Дагъистаналда буго 3000 гъурущ.\nГьединго, гьоркьохъеб багьа босани, Дагъистаналда цо сордо-къоялъ ижараялъе босараб минаялъухъ абулеб буго 5800 гъурущ. Гьелдаса учузго буго гӏицӏго Астрахань областалда (3600 гъурущ).\nАмма улкаялъул туристаз апрель моцӏалда хӏухьбахъи гьабизе тӏаса рищарал регионазул цебесеб кьерда рехсолел руго Санкт-Петербург ва Ленинград область, Краснодар край, Москва ва Москва область, Ставрополь край ва Мурманск область.\nГьединаб хӏал бугониги, ДРялъул Минтуризмалъул нухмалъулев Эмин Мердановас бицухъе, исана республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏине рагӏула гӏага-шагарго 10 проценталъ.\nЧвантаги букӏине ккола\n2025 соналда Дагъистаналде вачӏун вукӏана кӏиго миллионгӏанасев турист. Гьединлъидал исана кӏиго миллионалдасаги цӏикӏкӏун турист вачӏине вуго нилъехъе ва гьел къабул гьаризе хӏадурго руго гьеб ишалда хӏалтӏулел чагӏи.\n— Гьайгьай, туристазул къадар жеги цӏикӏкӏинабизе ккани, хӏажалъула санагӏатаб инфраструктура букӏин. Гьебги хӏисабалде босун, республикаялда байбихьун буго «Каспийский прибрежный кластер» абураб миллияб проект гӏумруялде бахъинабизе. Гьеб проект рагӏалде бахъун хадуб, хӏакъаб жо, Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадарги жеги цӏикӏкӏине буго, — ян лъазабуна министрас.\n«СберАналитики» цолъиялъул исполнительнияв директор Максим Чачинил рагӏабазда рекъон, исана Северияб Кавказалде ва гӏамм гьабун Югалъулаб федералияб округалде хӏухьбахъи гьабизе рачӏунел туристал хӏадурго рукӏине ккезе руго цӏикӏкӏун харжал гьаризе ккеялде. Гьесул пикруялда рекъон, гъоркьиса вукӏарав туристасде дандеккун исанасесул чвантида кӏутӏизе рагӏула гӏага-шагарго анкьго проценталъ цӏикӏкӏун.\n— 2026 соналъ Югалъулаб федералияб округалде рачӏине ругел туристазул хӏисаб гьабуни, гьез харж гьабизе ккезе буго гӏага-шагарго 53,6 миллиард гъурущ. Гъоркьиса букӏаралде дандеккун, гьеб къадар ккола 6,8 проценталъ цӏикӏкӏараб», — ан бицана М. Чачиница.\nКитаялъулалги чӏун рукӏунаро\nГӏицӏго Россиялъул туристазе гуребги, къватӏисел улкабаздаса рачӏунезеги цӏакъ бахилаб бакӏлъун лъугьунеб буго нилъер республика. Масала, Москваялда тӏобитӏараб MITT-2026 абураб халкъазда гьоркьосеб выставкаялда гӏахьаллъарав Минтуризмалъул министр Эмин Мердановасулгун дандчӏвай тӏобитӏана Китаялъул туризмалъул вакилзабаз. Гьениб китаялъулаз загьир гьабуна Дагъистаналде жидер улкаялдасаги туристазе рачӏине бокьун букӏиналъул пикру. Хасго гьезие рекӏее гӏун ругоан мугӏрузда ругел даруял, радоналъулал иццал ва югалъулаб Дагъистаналда бугеб «Ахтынские бани» абураб комплекс.\nКитаялъулазулгун рагӏиги дандеккун гьеб рахъ цебетӏезабизе лъугьани, тӏаде-хариялъул Мугӏрузулаб улкаялде рачӏунел Китаялдаса туристазул къадарги гӏемерлъилин ккола."}
{"slug": "sergej-melikov-kumek-shhveze-bugo-shhivase", "url": "https://hakikat.info/?nationals=sergej-melikov-kumek-shhveze-bugo-shhivase", "title": "Сергей Меликов: «Кумек щвезе буго щивасе»", "date": "2026-04-16 18:01:54", "categories": ["obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул бетӏер Сергей Меликов дандчӏвана Дагъистаналъул журналисталгун, блогералгун ва жамагӏатазул вакилзабигун. Гьес жавабал кьуна республикаялда ккарал балагьал лъугьа-бахъиназда сверухъ рижарал суалазе.\n«Нилъеца гьабизе кколеб хӏалтӏи цӏакъ гӏемер буго. Чвахунцӏадаз ракьал ччукӏизарулел руго батӏи-батӏиял районазда. Гьелде тӏадеги, ккана гӏаздал гӏансиял тӏеялъул лъугьа-бахъиналги», – ян бицана С. Меликовас, данделъи рагьулаго.\nРеспубликаялъул нухмалъиялда цебечӏараб аслияб масъалалъун гьес рехсана къварилъи ккарал гӏадамазе кумек гьаби. «Цереккун гьадигӏан гӏемер цӏадал рачӏо ва кӏудияб заралги гьез гьабичӏо, гьединлъидал ругьунаб къагӏидаялъ хӏалтӏи гӏуцӏун бажаруларо», — ян абуна гьес.\nТӏоцебесеб иргаялда С. Меликовас бицана гӏарцул кумек гьабулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ. Къварилъиялде ккаразе, рухӏ рикӏкӏун, щивасе кьезе буго 15675 гъурущ. Рукъалъул къайиялъул пуланаб бутӏаялдаса махӏрумлъаразе – 78 735 гъурущ, тӏубанго къайи гьечӏого хутӏаразе – 156 750 гъурущ. Сахлъиялъе кӏудияб ва гьоркьохъеб даражаялъул зарал ккаразе бихьизабун буго 627 азарго гъурущ, дагьа-макъабго зарал ккаразе – 313 500 гъурущ. Балагьалъукьеги ккун, хварав чиясе цо миллионгун 567 азарго гъурущ. Гьеб къадаралда кумек гьабулеб буго Россиялда чӏезарурал нормативазул кьучӏалда. Рецӏалил гӏарац кьола «Госуслуги» порталалдаса хитӏаб гьабун хадуб. Гьелъухъ халгьабизе ва баянал мухӏкан гьаризе чӏезабун буго 11 къо. Ккараб заралалъул хӏисаб гьабула муниципалитетазда гӏуцӏараб хасаб комиссиялъ ва гьебго комиссиялъ хӏадурула кумек щвезе кколел гӏадамазул сияхӏги.\nС. Меликовас хасаб кӏвар буссинабуна нилъерго гӏадамаз цоцазеги Россиялъул регионаз нилъееги гьабулеб кумекалде. Масала, Оренбург областалъул губернаторас хехаб къагӏидаялда Дагъистаналде витӏана МЧСалъул 10 хӏалтӏухъанги гуманитарияб кумекги. Кӏиго соналъ цебе рехсараб областалъул Орск шагьаралде лъим кӏанцӏараб мехалда тӏоцере гьенире щвана Дагъистаналъул волонтерал.\nТӏабигӏияб балагьалъул заманалда С. Меликовасде гъегъ балелги дагьал рукӏинчӏо. Гьеб ДРялъул бетӏерас рикӏкӏунеб буго «учузаб хайплъун»: лъугьа-бахъунеб жоялъул мухӏканлъи лъачӏого, бугеб хӏалалъул захӏмалъи хӏисабалде босичӏого, жидеего цӏар-рецц гьабизе бокьилъун. «Рес гьечӏо жакъа къоялда кьучӏаб критика букӏине. Щивас жиндихъа бажарухъе хӏалтӏи гьабулеб буго — спасателазги, волонтеразги, блогеразгун мадугьалзабазги. Нилъер цо-цо гӏадамал ругьунлъун руго, щиб кканиги, бищунго лъикӏ хӏакъикъат лъалеллъунги хӏан, цогидазе гӏакълаби кьезе рахъине», – ян абуна ДРялъул бетӏерас.\nГьесул берзукь руго мугӏрузул районалги. Гӏаздал асираллъун ккарал росабалъ гьечӏо ток, телефоналъул бухьен, хвезарун руго нухал. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана цересел къоязда Сергей Меликовас тӏобитӏараб оперативияб штабалъул данделъиялдаги. Гьенир мухӏканго рехсана щибаб муниципалитеталда ругел масъалаби. «Махӏачхъалаялда, Гӏадилотаралда, Мамедхъалаялда ккараб балагьалъул хӏакъалъулъ бицунаго, кӏочене бегьуларо Цӏунтӏа, Дахӏадаев, Агул, Догъузпара, Кули, Лак, Буйнакск ва Цӏумада районаздагун Бежтӏа участокалда бугеб ахӏвал-хӏалги. Гӏанси тӏун бачӏиналъул ва ракь ччукӏиялъул хӏинкъи буго гьениб. Гӏансиги тӏун, гӏадамазе къварилъи ккана. МЧСалъул хӏалтӏухъабаз гьенибе нух бахъилелде бакӏалъул гӏадамаз къватӏире рахъана гӏонсокье ккарал. Тӏабигӏияб балагь кида гӏунтӏулебали мухӏкан гьабизе рес букӏунаро. Гьебги хӏисабалде босизе ккола нилъеца», — ян бицана С. Меликовас.\nТӏабигӏияб балагьалдалъун гӏи-боцӏуе ккараб заралалъулги хӏисаб гьабулеб буго ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъги Ветеринариялъул комитеталъги. Гьабсагӏаталда сияхӏ мухӏкан гьабулеб буго ва зарал бецӏизе хӏадурлъулел руго. Гьелде тӏадеги, хвараб боцӏудасан унтаби тӏиритӏунгутӏиялъе тадбиралги гӏуцӏун руго.\nБицен ккана гӏемерав чиясул ракӏ гӏагализарураб «Гогьдаризаруге гьелан» Меликовас абиялъул хӏакъалъулъги. «Меценат Гӏумар Кремлев вуго дир лъикӏав гьудул. Мамедхъалаялдаса тӏадвуссарав гьевгун аэропорталда дандчӏвана дун. Гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналда бокс машгьурлъизабиялъе. Гъоркьиса нилъер лъабго боксер вахъана дунялалъул чемпионлъун. Гьудуласе махсара гьабун абураб дир рагӏи гӏочӏода чӏвачӏониги бегьилаан», — ин бицана С. Меликовас.\nТАССалъул мухбир Гянджеви Гаджибалаевас гьикъана жакъа гӏоразда кинаб ахӏвал-хӏал бугебан абун. Лъел балагь ккезе рес бугеллъун регионалъул бетӏерас рехсана Терек, Сулахъ ва Самур. Гӏазу бииналдалъун балагь ккезе бегьула Цӏунтӏа, Цӏумада ва Югалъулаб Дагъистаналда ругел гӏоразгиян жаваб кьуна гьес. Бицана гьес рехсарал гӏоразул рагӏаллъаби щулалъизаризе гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги. «Ахираб 3-4 соналъ щулалъизаруна Терекалъул рагӏаллъаби. Жакъа гьелда хадуб халкквейги буго. Гьединал тадбираз рес кьола тӏабигӏияб балагьалде хӏадурго рукӏине. Иш захӏматаб хӏалалде ккола цо-кӏиго къоялда жаниб лъагӏалил ва кӏиго лъагӏалилцин нормаялъул цӏад бараб мехалда. Киналго гӏораздаги хӏораздаги хӏалтӏи гьабиялъе гӏезегӏан гӏарацги хӏажалъула. Улкаялда бугеб экономикияб хӏалалъухъ балагьунлъидал гьебги щолеб ва тӏабигӏияб балагь кканщинахъе гьеб кьезе республикаялъул ресги букӏунаро. Амма чара гьечӏого тадбирал гӏуцӏизе ккола чӏахӏиял шагьарал лъелъ гъанкъунгутӏизе», — ян бицана С. Меликовас.\nСоциалиял гьиназда тӏибитӏизабуна лъелъ гъанкъараб бакӏалде щварав РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Юрий Чайкада цебе тӏанса тӏамиялъул сурат. Гьебги ракӏалде щвезабуна С. Меликовас. «Щивасул кӏалдиб буго, щай гьеб тӏамурабан абураб суал. Ракӏбацӏцӏадго абуни, дида лъаларо. Амма хӏакъаб жо — Юрий Чайкаца хӏориниб хӏетӏе чӏечӏого хутӏана. Нилъехъе вачӏарав гьоболасе хӏурмат гьабилъун теха гьеб. Хадуб тӏобитӏараб данделъиялда тӏанса тӏамиялъул суалго баккун букӏинчӏо», — ян бицана гьес.\nЛъелъ гъанкъарал ракьазда ругел росаби батӏияб бакӏалде гочинаризе ракӏалда бугищан гьикъана «Дагестанская правда» газеталъул бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъ. «Гьабсагӏаталда чӏванкъотӏараб жаваб кьезе кӏоларо. Аммагьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабулеб буго. Кидаго лъелъ тӏерхьунеб бакӏалда цӏидасан минаби раялъул магӏна гьечӏо. Лъелъ гъанкъарал росабазул гӏадамазги абуна, тӏоцебесеб нухалда гурила гьеб балагь жидеде рещтӏарабан абун. Гьелдаго цадахъ, захӏматаб суал буго росу баялъе Дагъистаналда ракь бати. Гьеб масъала тӏубаялда тӏад хӏалтӏулел руго», — ян жаваб кьуна гьес.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "ministr-sazhid-sazhidovas-gadinab-pikru-zagir-gabuna-dryalul-betier-sergej-melikovas-tiobitiarab-press-konferencziyalul-hiakalul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ministr-sazhid-sazhidovas-gadinab-pikru-zagir-gabuna-dryalul-betier-sergej-melikovas-tiobitiarab-press-konferencziyalul-hiakalul", "title": "Сергей Меликовас тӏобитӏараб пресс-конференциялъул хӏакъалъулъ министр Сажид Сажидовасул пикру", "date": "2026-04-16 18:15:11", "categories": ["obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министр Сажид Сажидовас гьадинаб пикру загьир гьабуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏобитӏараб пресс-конференциялъул хӏакъалъулъ: «ДРялъул бетӏерасул журналистазулгун, блогеразулгун ва жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабазулгун букӏараб гара-чӏвариялъ лъикӏаб асар гьабуна дие. Дида Сергей Алимович лъала ракӏрагьарав инсан хӏисабалда. Гьеб дандчӏваялъги тасдикъ гьабуна гьеб. Къиматаблъун дица рикӏкӏуна республикаялъул нухмалъулев щивасда бичӏчӏулеб мацӏалда кӏалъайги кьолел суалазухъ кӏваркьун гӏинтӏамиги ва гьезие чӏванкъотӏарал жавабал кьейги.\nГьайгьай, жакъа республикаялда хӏалуцараб хӏал буго. Тӏабигӏияб балагь хъинтӏана гӏемерал гӏадамазда. С. Меликовас абухъе, тӏабигӏияб балагь рещтӏунеблъи нилъеда цебеккунго лъаларо. Кин бугониги, хӏажат буго гьелдаса цӏуниялъе тадбирал гьаризе — гӏурумухъалда минаби рачӏого тезе, токалъул мухъал цӏигьаризе. Анцӏ-анцӏ соназ кӏвар кьечӏого тарал масъалаби дагьал гьечӏо нилъер. Бичӏчӏизе ккола: гьел тӏагӏинариялъул мурадалда хӏалтӏи гьабулеб буго; цоял тӏуразарун руго ва цогидал республикаялъул бетӏерасул берзукь руго. Гьес гьел тӏуразарулел руго федералияб кумекалдаса пайдаги босун. Масала, токалъул масъалабазул хӏакъалъулъ бицана гьес Федерациялъул Советалъул данделъиялдаги улкаялъул президентасулгун букӏараб дандчӏваялдаги.\nТалихӏкъосиналъ, информалатазда камуларо хӏакъикъат хисизабурал, гьеб тӏекъаблъун бихьизабулел баянал. Бегьуларо, цӏарги балъго гьабун, гьереси тӏибитӏизабизе, хасго каламалдаса жидеего санагӏатал бутӏабиги рехсон. Гьеб рекъон гьечӏо дагъистаниязда.\nСпорталъул рахъалъ абуни, республикаялъул нухмалъиялъул кумекалдалъун ралел руго спортивияб инфраструктураялъе хӏажатал бакӏал. Гьелдалъун нилъер спортсменазул бергьенлъабиги цӏикӏкӏунел руго. Букӏана гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниги парахалъиги аслияблъун рикӏкӏунеб заман. Гьеб заманалда спорт цодагьаб нахъе ккун букӏун батизеги бегьула, амма гьабсагӏаталда цебетӏей лъикӏаб буго.\nАслияб масъала буго тӏадхъел бугел спорталъул бакӏал гӏемерлъизари. Руго гьелъул мурадалда хӏадурарал проекталги гьезул рахъкколелги. Бищунго хӏажат буго Махӏачхъалаялда тӏадхъел бугеб бассейн бан бахъинабизе — гьеб буго миллиардалъулаб проект. Сергей Меликовасул жигараб гӏахьаллъиялдалъун тӏасияб соналда гьеб бан бахъинабизе ккола. Ракӏчӏун абила: гьелъул кумекалдалъун республикаялда спорталъул тайпаби церетуркӏила.\nЖамгӏияталъулгун ракӏрагьараб гара-чӏвари кутакалда хӏажат буго: гьеб ккола бокьараб суалалъе жаваб кьезе республикаялъул бетӏер хӏадур вукӏиналъулги Дагъистаналъул цебетӏеялъе гӏоло гьев хӏалтӏулев вукӏиналъеги нугӏлъи гьабулеб хӏужа», — ян.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "donbassalul-limalaz-dagistanalul-limalaze", "url": "https://hakikat.info/?nationals=donbassalul-limalaz-dagistanalul-limalaze", "title": "Донбассалъул лъималаз Дагъистаналъул лъималазе", "date": "2026-04-16 18:58:29", "categories": ["gurkhiel-rakhimu", "insan", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гьал къоязда Дагъистаналде, чвахунцӏадаздаса хадуб лъим кӏанцӏараб Дербент районалъул Мамедхъала росулъе гуманитарияб кумекгун бачӏун букӏана Мариуполь шагьаралдаса делегация. Дагъистаналде рещтӏарал тӏабигӏиял балагьазул хӏакъалъулъ рагӏарабго жидедаго хӏалкӏвараб гуманитарияб кумекги бакӏарун рачӏана «Гӏолохъанаб гвардия» абураб Мариуполь шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулев Никита Аверкин, Мариуполалда бугеб Санкт-Петербургалъул вакиллъиялъул нухмалъулев Олег Моргун ва шагьаралъул собраниялъул депутал.\nГьелгун цадахъ къварилъи ккаразе бажарараб кумек гьабизе Мамедхъалаялде щвана Хьаргаби районалъул бетӏерасул заместитель Асхӏабгӏали Маликовги. Донбассалдаса гьалбалгун лъикӏаб гьудуллъи ва бухьен ккана гьесул хасаб рагъулаб операциялъул заманалда къварилъи ккарал гӏадамазе районалдаса гуманитарияб кумекгун хьвадулеб заманалдаго.\nМамедхъалаялде щвейгун гьелгун дандчӏвана ДРялъул туризмалъул министр Эмин Мерданов, районалъул бетӏер Эльман Гӏалахвердиев. «Красный крест» абураб халкъалда гьоркьосеб багъа-бачариялъул штабалде гуманитарияб кумекги щвезабун, Донбассалдаса делегация ана рукъзабахъе лъим кӏанцӏун зарал ккаразе кумек гьабизе.\nДагъистаналде гуманитарияб кумекгун рачӏиналъул хӏакъалъулъ Олег Моргуница гьадин бицана: «Централияб телевидениялдаса Дагъистаналда ккараб къварилъиялъул хӏакъалъулъ бицунебги рагӏун, нижеца хӏукму гьабуна лъим кӏанцӏун, бищунго зарал ккараб районалде, Мамедхъала поселокалде нижехъаго бажарараб кумек гьабизе рачӏине. Нижер делегациялда гьоркьор руго: Мариуполь шагьаралъул «Гӏолохъанаб гвардиялъул» вакилзаби, шагьаралъул советалъул депутат. 2022-2024 соназда нижее цӏакъ захӏматал соназда, кумек гьабулаан Дагъистаналъ. 2022 соналдаса байбихьун нижехъе гуманитарияб кумекгун гӏемер щвана Дагъистаналдаса делегация Асхӏабгӏали Маликовасул нухмалъиялда гъоркь. Доб заманалда цӏакъ къимат тӏокӏаб кумеклъун букӏана гьеб. Гуманитарияб рахъалъ, бакӏал ралелъул, инфраструктура цӏигьабулелъул пачалихъияб программаялда рекъон, дагъистанияз цӏакъ кумек гьабуна. Шагьар чӏунтун букӏана. А. Маликовас ва цогидал дагъистанияз бачӏунаан гуманитарияб кумек, тӏоритӏулаан концертал, культуриял тадбирал. Нижедаги ракӏалде ккана къоккараб мехалъ нижее квербакъарал дагъистаниязе нижедаги тӏадаб бугин хӏалкӏвараб кумекгун къватӏире рахъине. Генераторал, бензопилаби, чӏахӏияб рищни-къул бакӏаризе инструментал ва цогидабги босун къватӏире рахъана.\nКӏудияб баркала буго дагъистаниязе нижее бищунго захӏматаб заманалда квербакъаралъухъ. Нижеца гьаниб бихьараб бицана Мариуполалде щварабго. Нижер рахъалдаса гьаб кумек ахирисеб гуро букӏине бугеб.\nДун анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏана батӏи-батӏиял шагьаразул нухмалъиязда. Украинаялда гӏорхъода ругел, тунка-гӏусиял кколел бакӏал рукӏана гьел. Хехаб заманалда къачӏазе кколаан нижеца риххарал, чӏунтизарурал бакӏал, цӏигьабизе кколаан магӏишат. Гьениб щвараб хӏалбихьи нужееги бикьизе бегьулаан нижеца, амма бихьулеб буго гьаниб гӏадамазе хӏажатаб кумекалъе кинабго жо чӏезабун букӏин. Бихьулеб буго гьанибе Россиялъулго квербакъи щолеб букӏин. Шагьар цӏигьабизе кумек гьаби гуребги, хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулел нужер гӏолохъабаз эркен гьарулел руго сверун къарал ракьалги», — ян.\nМариуполь шагьаралдаса битӏун бачӏараб гуманитарияб кумекалда гьоркьор ругоан «Мариуполалъул лъималаз Дагъистаналъул лъималазе» абун тӏад хъварал ящикал. Гьезул хӏакъалъулъ бицана «Гӏолохъанаб гвардиялъул» вакил Никита Авердиница:\n«Гуманитарияб кумек бакӏарана нижер шагьаралъул гӏадатиял гӏадамаз, школазул цӏалдохъабаз. Гьаб буго гуманитарияб кумекгун нижер тӏоцебесеб сапар. Гьаниб къваригӏараб, гӏолареб жоги цӏехон, хадурги рачӏине ракӏалда буго. Нижер школазул цӏалдохъабаз гӏелбащадал дагъистаниязе битӏана канцелярия. Гӏадатиял гӏадамаз гӏарацги бакӏарун, гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалда тӏоцебесеб иргаялда гӏадамазе хӏажалъулеб къайи битӏана», — ян.\nАсхӏабгӏали Маликовас баркала загьир гьабуна гуманитарияб кумекгун рачӏарал донбассалъулазе:\n«Дагъистаналъул къварилъи рекӏелъе босичӏев чи хутӏун ватиларин улкаялдагоян абизе бегьила. Донбассалъул лъималцин руго Дагъистангун. Исана — Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналда, гьаб къварилъиялъулъ нилъеда бихьана нилъер цолъи ва гъунки. Кӏудияб баркала буго Дагъистаналъе квербакъулелщиназе», — ян.\nЧвахунцӏадаздаса хадуб, Геджух хӏорил сангарги тӏун, лъекье ккараб Мамедхъалаялъул цо-цо къватӏал анкь ун хадусаги жеги хӏарулъ къаралго ругоан. Щибаб къотӏнор волонтеразул къокъабиги ругоан гьел хӏарудаса ва чӏахӏияб кьищни-къулалдаса рацӏцӏад гьарулел. Донбассалдаса гьалбадерицаги жидехъаго бажарараб кумек гьабуна минабазда сверухъ бугеб гамачӏ-хъитӏ, кьищни-къул цойиде буссинабизе.\nЦо-цо минаби саманалъул кирпичалъул гьарурал рукӏиналъ, хӏарччул гъуниялде сверун ругоан. Гьеб гъуниялде кверги битӏун, цо кӏодоца нижеда ракӏунтун бицунеб букӏана: «Гьале, гьаниб букӏана дир мина, доб цояб рахъалда букӏана васасул мина. Бихьулищ? Гьанже ниж кире инел? Кидалъизегӏан рукӏинел гӏагарлъиялъул бакӏалда, гӏодор бусабиги тӏамун?» — ан.\nГьелъие ракӏбатулел рагӏаби абулел рукӏана гьезул къварилъи жидедаги бичӏчӏулел, тунка-гӏусиязул хӏасилалда чӏунтараб магӏишат гьанжего гьанже рукӏалиде бачӏунел ругел донбассалъулаз…\nПатӏимат Султӏанмухӏамадова"}
{"slug": "mustiafa-dagistanli-kej-lachiev-gugaruhan", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mustiafa-dagistanli-kej-lachiev-gugaruhan", "title": "Мустӏафа Дагъистанли — къей лъачӏев гугарухъан", "date": "2026-04-16 19:16:24", "categories": ["insan", "lit", "obshestvo", "rakialdeshchvej", "rel", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цӏар рагӏарав турказул гугарухъан, магӏарул мугьажирзабазул вакил Мустӏафа Дагъистанли. Гьесул кӏудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. Мустӏафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен Мухӏамад. Гьев вукӏун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магӏарда букӏараб цо хӏоринивеги ккун, гъанкъун вуго.\nДида лъалаан гьев машгьурав инсан, дандчӏван, гӏодобиччараб гара-чӏвари гьабизе ресги щун букӏана. Амма гьесда мухӏканго лъалеб гьечӏоан жиндир умумузул тарих, кида ва киса гьел рачӏаралали.\nМустӏафа Дагъистанли чанго нухалда вачӏун вукӏана инсул ватӏаналде. Гьесул лъикӏаб гьудуллъиги гьоркьоблъиги букӏана Гӏали Гӏалиевгун ва Дагъистаналъул гугарухъабигунги политикалгунги.\nАнкьго сон барав Мустӏафаца цин байбихьана турказул каракучак (рачел ккун) гугари гьабизе, хадув, 18 сон барав чи, рагъулаб флоталда хъулухъ гьабулеб мехалда, машгъуллъана эркенаб гугариялде. Гьесул тренерлъун вукӏана машгьурав гугарухъан Яшар Догъу. Турказул гӏемерисел гугарухъаби кинигин, гьев грек-римазул ва эркенаб гугариялъул турниразда цеве вахъунаан. Амма цӏикӏкӏун шапакъаталги цӏаралги гьесие щвана эркенаб гугариялда.\nТӏоцебе Мустӏафаца миллияб форма ретӏун буго 1954 соналда ва гьебго соналда Токиоялда тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионаталда чемпионлъун вахъун вуго. Хадусеб 1955 соналда гьес гӏахьаллъи гьабула Барселонаялда тӏоритӏарал Кӏудияб ралъдал хӏаязда. Гьениб Мустӏафаца тӏоцебесеб бакӏ ккола грек-римазул гугариялъул рахъалъ.\n1956 соналда Австралиялъул Мельбурн шагьаралда тӏобитӏараб Олимпиадаялда Мустӏафа вахъана 57 кг цӏайиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ чемпионлъун.\n62 кг цӏайиялъул классалде вахун хадуб, Мустӏафа Дагъистанлица бергьенлъи босана Истамбулалда (1957) ва Тегераналда (1959) тӏоритӏарал дунялалъул чемпионатазда. 1960 соналда Рималда тӏоритӏарал Олимпиялъул хӏаяздаги гьебго соналда Бургасалда тӏобитӏараб Балкан чемпионаталдаги гьев вукӏана жиндир цӏайиялда тӏоцевесевлъун.\nЖиндир спортивияб гӏумруялда жанив Мустӏафа бергьана Турциялда ва халкъазда гьоркьосеб даражаялда тӏобитӏараб 393 къецалъул 389-ялда. Чанго нухалда щивниги бергьинчӏеб хӏасилги ккана гьесул ва киданиги къейги ккечӏо.\nГугариялдаса нахъе ун хадув Мустӏафа хӏалтӏана тренерлъун ва вукӏана Турциялъул Гугариялъул федерациялъул членлъун, машгъуллъана бизнесалде. 1961 соналда гьес гӏуцӏана шагьаразда гьоркьор гӏадамал раччулеб «Дагъистанли» абураб автобус фирма. Гьеб жакъаги хьвадулеб буго Самсун-Истамбул шагьаразда гьоркьоб.\n1973 соналдаса 1980 соналде щвезегӏан Мустӏафа Дагъистанли вукӏана Турциялъул Кӏудияб Миллияб Мажлисалъул (парламенталъул) Самсуналдаса вищарав «Ритӏухълъи» партиялъул депутатлъун.\nМустӏафа Дагъистанлица гьабуна кӏиго нухалда хъизан. Тӏоцеесей лъади хвана унтун. Гьелдаса хутӏана цо васги ункъо ясги. Кӏиабилей хъизаналдаса гьесул руго васги ясги. Ахирал соназда гӏумру гьабун вукӏана Истамбулалда. Мустӏафа Дагъистанли хвана 2022 соналъул 18 сентябралда, 91 сон барав чи Анталия шагьаралъул больницаялда. Вукъун вуго Анкараялда, Каршияка хабалахъ.\nМустафа Дагъистанлил бергьенлъаби:\n1954 сон. Токио, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 57 кг\n1955 сон. Барселона, Кӏудияб ралъдал хӏаял, грек-римазул гугари, 57 кг\n1956 сон. Истамбул, Дунялалъул кубок, эркенаб гугари, 62 кг\n1956 сон. Мельбурн, Олимпиада, эркенаб гугари, 57 кг\n1957 сон. Истамбул, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 62 кг\n1959 сон. Тегеран, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 62 кг\n1960 сон. Бургас, Балкан чемпионат, эркенаб гугари, 62 кг\n1960 сон. Рим, Олимпиада, эркенаб гугари, 62 кг\nАхӏмад Муртазагӏалиев"}
{"slug": "magiaruhgi-bugo-hialuczarab-hial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=magiaruhgi-bugo-hialuczarab-hial", "title": "Магӏарухъги буго хӏалуцараб хӏал", "date": "2026-04-17 14:57:59", "categories": ["magiarukh", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Чӏарада районалъул бетӏер Хӏусен Гӏарабиевги гьесул заместитель Салман Хӏажиевги гӏахьаллъана республикаялъул хӏукуматалъ тӏобитӏараб оперативияб штабалъул видео-дандеруссиналда. Гьеб нухда бачана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул Гражданияб оборонаялъул, тӏасан борчӏараб ахӏвал-хӏалалъул ва тӏабигӏиял балагьазул хӏасилал тӏагӏинариялъул рахъалъ министр Нариман Казиахӏмадов, РФялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб Бетӏераб управлениялъул нухмалъулев Муслим Девришбеков ва балагьалъукье ккарал районазул бутӏрул.\nХӏалуцараб ахӏвал-хӏал буго Чӏарада районалъул Цӏуриб-Арчиб шагьранухдаги цо-цо росабалъгиян бицана Хӏ. Гӏарабиевас. Гъунисан Цӏурибе унеб нухда руго ракь ччукӏарал ва чӏахӏиял ганчӏал нухде гирун рачӏарал бакӏал. Гьелдалъун хӏинкъи буго машинаби хьвадиялъе. Гьединлъидал нухлул цо рахъалдасан гурони машина ун бажаруларо гьенисан.\nЖеги цӏикӏкӏараб хӏинкъи буго Цӏуриса Магъар росулъе ва гьенисанги Шалибегун Арчибе бугеб шагьраялда. Бортизе къачӏараб хӏалалда буго Магъар росдада гӏагарлъухъ бугеб кьоги. Лъеца чурун ун буго Гъимилъ абураб бакӏалда бугеб кьодул сакӏазда гъоркьа ракьги.\nГьелде тӏадеги, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда хӏубалги регун ун, 11 къоялъ токалдаса махӏрумлъана 7-8 росдал гӏадамал. Букӏинчӏо гьел росабалъе машинадул нухги. Гьабсагӏаталда бахъун чӏезабуна токалъул 22 хӏуби. Гьезул 4-5-яб тӏатӏала руссун бахъинабизе ккана, гьава-бакъалъул тӏадецуялъ регизарунги ратун. Эхетизабизе ккола жеги 15 токалъул хӏуби. Машинадул нух гьечӏолъиялъ гьеб масъала тӏубазабиялъе квалквал гьабулеб буго.\nРайоналъул нухмалъиялъ абухъе, «Чӏарада» РСУялъул гьечӏо гьединаб хӏалалда хӏалтӏизабизе санагӏатаб техника: буго цо трактор.\nРеспубликаялъул оперативияб штабалъул данделъиялдаса хадуб Хӏ. Гӏарабиев цоги нухалда щвана къварилъи ккарал росабалъе. Гьесда цадахъ рукӏана заместитель С. Хӏажиевги, районалъул депутатазул собраниялъул председатель Кӏудамухӏамад Махӏачевги, нухал къачӏазе ругел подрядчиказул вакилзабиги.\nАрчиб-Шалиб нухрикьуда (гьенисан чвахулел руго иххал) гьел дандчӏвана бакӏалъул жамагӏатазул вакилзабигун. Гьез бицана тӏоцебесеб иргаялда гьабизе хӏажатаб кумекалъул хӏакъалъулъ.\nХадуб халгьабуна Магъар росдал къватӏазухъ, ракь ччукӏарал бакӏазухъ. Щвана токалъул хӏубал лъолел бакӏаздеги.\nХадусеб къоялда Хӏ. Гӏарабиев дандчӏвана Шалиб росдал бегавул Айвазхан Хӏасановгун ва гьеб росдал депутатгун. Бицана заманалда росулъе хьвадизе санагӏат гьабиялъулги, дарабигун кванил нигӏматал ва хӏажатаб къайи щвезабиялъулги хӏакъалъулъ. Хӏукму гьабуна, райадминистрациялъул ресаздаса ва Шалиб росулъ бугеб техникаялдаса пайдаги босун, Арчибехун унеб нух бацӏцӏад гьабизе ва гьедингӏаги токалъул масъала тӏубазабизе.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "anczigo-chu-hvasar-gabize-kivechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=anczigo-chu-hvasar-gabize-kivechio", "title": "Анцӏго чу хвасар гьабизе кӏвечӏо…", "date": "2026-04-17 15:09:04", "categories": ["magiarukh", "rosdal-magiishat", "tab", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъанкъана нус-нус чӏегӏерхӏайван, лемаг-хух ва рекьулел хурзалгун-ахал\nРеспублика жеги бигьун гьечӏо тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилаздаса. Чвахунцӏадаздаса хадуб гӏодоблъиялда лъелъе ккун гъанкъарал минабазул ва гӏадамазул магӏишаталъе ккараб кӏудияб заралалъул хъвана ва жеги хъвалебги буго. Амма гьава-бакъалъул шартӏал кьварухъего чӏун руго. Гӏазугун жубараб цӏад бан, их бигъана исана магӏарухъги.\n13 апрелалда согӏаб гӏазул бураналда гьоркьобе ккана Болъихъгун Гумбет районалъул гӏорхъода магӏарда букӏараб чуязул илхъи. Гьел пакъирал чахьалде щвезегӏан бараб гӏазукьги къан, церехун ине рес гьечӏеб ахӏвал-хӏалалде ккана.\nГьел хвасар гьаризе ахӏуд рахъарал, аскӏор ругел росабалъа гӏадамазда цадахъ гьенире ун рукӏана МЧСалъул хӏалтӏухъабиги.\nГьезул кумекалдалъун 20 чу хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде бачине кӏвана, 10 чу хвасар гьабизе кӏвечӏо.\nНижехъе щварал баяназда рекъон, Чӏарада мухъалъул Рилъаб росдал Чӏулбукь магӏарда гӏазуца мугӏрул рацун, гьенир къан хутӏарал чуял раччизе ккана гӏолохъабаз. Гьенибго Рилъаб, Балхада колода гӏанси щун ичӏго чу хвана.\nМагӏарухъ гьал къоязда гьава-бакъ кьерхун букӏана. Цӏунтӏа, Цӏумада, Лъаратӏа ва Бежтӏа мухъалда биццатаб гӏазу бана, гӏодорегӏан ругел районазда гӏазугун цӏад жубараб терет букӏана хьвагӏулеб. Цо-цо бакӏазда гӏазу нахъисеб къоялъги биун букӏинчӏо. Гӏазуца пихъ хвезабунадайин ургъалида руго хьиндаллъиялъул росабалъ гӏумру гьабун ругел ахихъаби.\nЧӏегӏерхӏайван ва лемаг-хух\nМарталъул ахиралда ва апрелалъул авалалда тӏатӏалаго рарал чвахунцӏададаса хадуб лъим кӏанцӏун гъанкъарал: Гӏадилотар, Къадиротар, Цӏияб Цӏиликь ва Дербент районалъул чанго росулъе лъим кӏанцӏун хадуб кӏудияб зарал ккана росдал магӏишаталъеги.\nЛъеца гъанкъизабуна 1800 гектаралда хуриб бекьараб нигӏмат, гьединго хвезабуна 100 гектар ахазул ва 60 гектар цӏибил ва цогидабги гӏисинпихъ гӏезабулел ахазулги.\nГьедин бицана араб анкьил ахиралда республикаялде вачӏун вукӏарав РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Роман Некрасовас республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасулгун букӏараб дандчӏваялда.\nДагъистаналъул росдал магӏишаталъул бутӏаялда лъикӏаланго кьаби щвезабунин тӏабигӏияб балагьалъин бицана Гӏ. Гӏабдулмуслимовас. Цереккунисел баяназда рекъон, иххица ун буго 430 бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьезда гьоркьоса 270 бечӏчӏулеб гӏака), тӏагӏун буго гьединго 670 бетӏер гӏи-цӏцӏаниялъул, 64-азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гӏанкӏу-хӏелеко, хъазал, ордекал ва цогидабги рукъалъул хӏанчӏазул тӏинчӏ-къоно.\nГӏи-цӏцӏани гӏезабиялъул рахъалъ нилъер республика кидаго букӏана улкаялъул регионазда гьоркьоб бищунго цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ нилъехъ чӏел букӏана ахирал соназда. Гьебги хӏисабалде босун, тӏолгороссиялъулаб гӏи-цӏцӏаназул выставкаги тӏобитӏана нилъер гьаниб ахираб кӏиго-лъабго соналъ тӏатӏалаго.\nГьединал тарихалги рукӏаго, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда хвараб гӏи-цӏцӏаниялъул ва чӏегӏербоцӏул къадар гӏемерищ, дагьищ бугебилан суал кьуна нижеца Дагъистаналъул Фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе.\nЗарал гьитӏинаб гьечӏо, мацӏ лъалареб боцӏи ун буго\n«Гӏи-боцӏухъабазул гӏаммаб магӏишат-яшавалда рекъон балагьани, кӏудияб къварилъи ккун буго. Тӏагӏараб гӏи-боцӏул бетӏергьаби ратула, жидерго гӏетӏалдалъун гьеб гӏезабурал гӏадатиял мискинчагӏи. Гьезие махӏги бигьаяб жо гуро гьеб. Гьединлъидал кин борцун балагьаниги, цӏакъ кӏудияб зарал ккун буго. Хур-херги гӏи-боцӏиги гӏемераб къоги бихьун гӏезабула нилъеца. Хасало лъорониб лъун хинлъизабун цӏунула вехьас кьегӏер. Цо чахъу гӏезабизе ккани, дагьа-макъаб захӏмалъи баччизе кколаро боцӏухъабаз. Хасго лъарагӏлъиялда гъийин цӏикӏкӏун баччизе ккола вехьас. Хасало гӏазул гьурал кутакаб, кьинги квачараб гӏатӏиракьалда бигьаго букӏунаро гӏи-боцӏи гӏезабулел чагӏазе.\nГьединлъидал хьул буго гӏи-боцӏухъабазе ккараб зарал хӏукуматалъ бецӏичӏого теларин. Гьединго абуна хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги РФялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакиласулгун букӏараб дандчӏваялдаги. Амма гьаниб тӏаде жубазе ккола гьел киналго руго цереккунисел тарихал. Жеги гӏаммаб къагӏидаялъ росдал магӏишаталъе ккараб заралалъул — хвараб гӏи-боцӏулги, гъанкъараб хур-хералъулги хӏисаб гьабун рагӏалде бахъун гьечӏо, гьабсагӏат рехсолел тарихал гьел руго цереккунисел баянал. Гьанжеялдего ккараб заралалъул гӏаммаб къимат кьезе жеги цудунго бугин абила дица, гьелде жеги цоги нухалъ нахъруссине ккола, — ян бицана Гӏ. Абурикӏовас.\nГьабсагӏаталда ругел баяназда рекъон лъеда гъоркье ккун гъанкъун буго 129 мина-рукъги ва 114- гӏанасеб рукъалда цебе бугеб ах-хурги. Заманаялъ гьанир-дора хӏебтӏун вуго лъеца мина-рукъ хвезабурав 519 чи, гьезда гьоркьоса 177-ял ккола гӏисинал лъимал.\nРищниялъул хутӏелал сабаблъун\nБабаюрт районалъул «Чкаловасул» цӏаралда бугеб Лъаратӏа районалъул СПК судалде кьун буго республикаялъул Россельхознадзоралъ. Араб соналъул ноябралдаго гьеб идараялъул хӏалтӏухъабаз тӏатинабуна, бицен гьабулеб росдал магӏишаталъул кооперативалъул 13 гектаралда полиэтиленалъул хутӏелал щущан рукӏиналъул хӏужа. Бекьизе хӏалтӏизабулеб ракьги батун гьечӏо гьеб.\nРоссельхознадзоралъ СПКялдаса тӏалаб гьабуна 13 гектаралда магъакь-кӏачаралъул хутӏел бацӏцӏад гьабизе ва ракьги хӏалтӏизабизе кьезе. Амма гьел гьезул тӏалабалъе гӏинкъаллъун хутӏана.\nИсана марталда Лъаратӏа районалъул халкъияв судьяясги гӏакӏа къотӏун букӏана гьеб росдал магӏишаталъул коопертивалда тӏад, амма гьелдаса хадубги гьез заралияб химикаталъул хутӏелаздасан лъугьараб кьищни-къулалъул гохӏ бацӏцӏад гьабизе тадбирал гьаричӏо. Гьанже Россельхознадзоралъ иск кьуна районалъул судалде, хӏал гьабун рищни нахъе бацӏцӏад гьабизе гьел тӏамизе.\nКъватӏул гьабзазул хӏинкъи\nКаспийскиялда къватӏул гьаби гӏадамазде рортиялда хурхун, такъсир гьабиялъул иш рагьун буго РФялъул цӏех рехалъул комитеталъул хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз\nЛъагӏалил байбихьудаса нахъего чанго хӏужа ккун буго къватӏахъ рукӏунел гьаби гӏадамазде тӏаде кӏанцӏараб. Ахирисеб гьединаб лъугьа-бахъин ккана 7-13 апрелалда. Гьабзаца хӏанчӏун къварилъи ккарал чагӏазда гьоркьор руго лъималги.\nКъватӏул гьабзаца тӏутӏун ян, 75 сон барай гӏадан хун йикӏана дагьалъ цеегӏан Буйнакскиялдаги. Балагьаб лъугьа-бахъин ккана 25 марталда. Шагьаралъул насраниязул хабалалъе уней йикӏарай херай гӏадан тӏадги речӏчӏун, хӏанчӏ-хӏанчӏун яна чанго къватӏул гьоялъ. Гьей гъарим гьеб бакӏалдаго къадаралде щвана.\nРакӏалда буго, къватӏахъ рукӏунел гьабзазул кӏудияб хӏинкъи букӏиналда бан, гьалдаса анцӏго соналъ цебе гьел киналго кквезе тадбирал тӏоритӏун рукӏана республикаялда. Гьединго рагьун рукӏана, гӏадамазе хӏинкъи бугел гьаби жанир тӏамизе хасал вольералги. Нахъеги гьединалго тадбирал ургъизе заман щун бугилан ккола.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "gitiinab-rosdal-giadamazul-giatiidal-rakial", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gitiinab-rosdal-giadamazul-giatiidal-rakial", "title": "Гьитӏинаб росдал гӏадамазул гӏатӏидал ракӏал", "date": "2026-04-17 15:22:23", "categories": ["gurkhiel-rakhimu", "insan", "magiarukh", "obshestvo", "proishestvie", "rosdal-magiishat", "tab", "tsiekh-rekh", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Марталъул ахирисел ва апрелалъул тӏоцересел къояз рарал гучал цӏадаз гӏемерал росабазе зарал ккана. Гӏумруялъ данде гьабураб магӏишат хвана, минабазул къадал риххана. Гӏатӏиракьалда ругезе гуребги, къварилъи ккана магӏарухъ ругел росабазеги. Масала, Унсоколо районалъул Гьаракӏуниб росдае. Амма республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалги бихьун, гьерекӏ руцӏцӏун чӏана, чанго къоялъ токги лъимги букӏинчӏониги, гьезул рахъалдасан гӏарзал рукӏинчӏо. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабаз сапар бухьана рехсараб росулъе, гьениб бугеб хӏалги бихьизе, гӏадамаз бицунелъухъги гӏенеккизе.\nРосулъе буго кӏиго нух: заводалдасан росутӏараде унеб басрияб. Нижин абуни ана басрияб нухдасан. Гьенисан унаан цебе заманалда гӏадамал гӏатӏиракьалде. Гьанже гьенисан ине хӏинкъараб хӏал буго, чӏунтун буго нух ва бокьараб мехалъ гьарчал рачӏинеги рес буго.\nНижеда данде вачӏана росдал бегавуласул заместитель Шамил Гӏалиев. Гьес рихьизаруна чвахунцӏадаз зарал гьабурал рукъзал, бицана росулъ бугеб хӏалалъул ва гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.\n— Марталъул ахирисел ва апрелалъул тӏоцересел къояз рарал чвахунцӏадаз цӏакъ кӏудияб зарал гьабуна росдал жамагӏаталъе ва гьезул буголъиялъе. Бищун цӏикӏкӏун къварилъи ккана кӏиго минаялъе. Цояб рокъоса анлъго хӏайван ана иххица. Аллагьасе рецц, гӏадан-чиясе къварилъи ккечӏо. Гӏиси-бикъинаб бугониги зарал ккана 40-50-гӏан чиясе. Анкьалъниги букӏинчӏо росулъ я лъим, я ток. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гӏолохъабаз ток бачиналъе. Гьабсагӏаталда гьеб бачун буго Рихьуниса. Гьединго, цогидал авалаздаса баччун чӏезабуна лъимги. Райадминистрациялъул рахъалдасан бачӏана КамАЗ цӏураб лъим. Кӏудияб кумек щвана «Инсан» фондалдаса. Хӏалтӏухъабигун цадахъ, чедги лъимги босун вачӏана Унсоколо районалда бугеб ТЦЗНалъул нухмалъулев Рашид Мухӏамадгӏалиев. Кумек гьабулеб буго цогидал росабазул гӏадамазги, — ян бицана Ш. Гӏалиевас.\nРиххарал минаби къачӏан тӏуралеб хӏал бугищ яги гӏадамал цогидал бакӏазде рахъинейищ ккезе ругелилан гьикъидал, Шамилица абуна минаби цӏигьаризе бажарунгутӏи букӏинарила, амма кумек хӏажалъилин абун.\n— Къварилъаби ккун руго, амма, талихӏалъ, гӏадан-чиясе зарал ккечӏо. Кумек гьабизе бокьарал гӏадамалги гӏезегӏан руго ва бакӏарулеб буго жамагӏатазул рахъалдасан гӏарцулаб кумекги, — ян бицана рузманалде ине гӏедегӏарав росдал имам Мухӏамад Гӏумаровас.\nГьаракӏуни росдал къватӏахъан хьвадулелъул, бихьулеб букӏана ккараб зарал гьитӏинаб гьечӏеблъи. Гъоркьгоги къваридал, хьвадизе санагӏат гьечӏел нухал хвезарун руго. Цо минаялъул биххараб къедалъ чанго чиясул азбар-къоноялъе гьабун буго зарал. Кӏиго-лъабгониги минабазул къадалъан рукъзабахъе баккулеб буго лъим ва гӏекколел руго тӏохал. Ганчӏал тӏаде рортун, шифер гъурарал минабиги камун гьечӏо.\nТӏадруссунелъул ниж лъалхъана Шамилхъалаялда ва щвана райадминистрациялде. Гьаракӏуни росулъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицунаго, районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Хӏамзатовас абуна:\n— Чвахунцӏадал раялдалъун зарал ккана гьеб росулъа ичӏгониги чиясе, жеги хал-шал гьабулебги буго. Росулъе бугеб цояб нухдасан лъел цӏураб машина битӏана, ток гьечӏого пекарня хӏалтӏулеб букӏинчӏелъул, чедги битӏана. Бульдозерги цогидаб техникаги ва кумекалъе бихьиналги ун рукӏана Гьаракӏунире. Палхӏасил, токги лъимги чӏезабуна росдае.\nЗарал ккараб щибаб бакӏалъул гьабулеб буго акт ва гьелъул хӏасилалда щивасе гьабизе буго гӏарцулаб кумекги. Районалъул имамасда цадахъ лъугьун, чвахунцӏадаз зарал гьабурал цогидал росабазеги, кумек гьабиялъул мурадалда гӏарац бакӏарулеб буго. Баркала буго районалъул тӏолабго жамагӏаталъе. Гьедин бакӏарараб гӏарцул рахъалдасан гьерекӏдериеги гьабизе буго кумек, нижеца тӏадеги жубан. Нухалги къачӏала, токгун лъимги чӏезабила.\nДиеги бокьун буго гьерекӏдерил росдал жамагӏаталъе баркала кьезе. Кутакалда сабру бугел гӏадамал ратана. Чанго къоялъ ток гьечӏого ругониги, Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалги бичӏчӏун, гьезул цонигияс гӏарз гьабичӏо. Баркала буго тӏолабго районалъул жамагӏаталъеги гьабураб кумекалъухъ.\n— Республикаялъул гӏемерал бакӏазе зарал ккун бугелъул, районалъул рахъалдасан щиб кумек-квербакъи гьабураб ва гьабулеб бугеб?\n— Унсоколо районалдаса гӏезегӏан волонтерал ана кумекалъе. Кӏвараб кумек гьабуна Хасавюрт районалъе. Жамагӏаталъ бакӏарана 1400 000 гъурущ ва гьединго хӏажатаб къайи-цӏа.\nНиж тахшагьаралде щун рукӏинчӏо, росдал бегавуласул заместитель Шамил Гӏалиевас ругьел бачӏана «Инсан» фондалъул Унсоколо районалда бугеб филиалалъ лъабнусазарго гъурущ бачӏанин абун.\n«Хӏакъикъаталъул» социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб видео сабаблъунги, гьерекӏдерида гурхӏарал гӏадамаз битӏун бачӏун буго 120 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гъурущ.\nГьаракӏуни росдал жамагӏаталъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьолеб буго жидеда аскӏоб гӏаданлъи гьабунщинасе.\nАллагьас балагьаздаса цӏунаги киналго.\nНадира Гӏамирханова"}
{"slug": "umumuzul-nuh-cziigabuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=umumuzul-nuh-cziigabuna", "title": "Умумузул нух цӏигьабуна", "date": "2026-04-17 15:29:17", "categories": ["gara", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Киса-кибего гӏадин, Казбек районалдаги рарал цӏадаз чанго бакӏалдаса нухал хвезаруна.\n«Дагъавтодоралъул» комиссиялъ, райадминистрациялъул ва проекталъулаб гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъабазгун цадахъ, зарал ккарал бакӏазухъ хал-шал гьабуна ва, гьелъул хӏасилазда рекъон, районалъул нухал цӏигьаризе хӏукму ккана.\nДилим-Гъостала-Ичкӏа-Миякьо росабалъе унеб нух ччукӏун бачӏун, Хубар росулъе рачӏунеб нухдасан, кӏудияб свериги гьабун, хьвадизе кколел рукӏана.\nГъостала росдал бегавул Гъиримсултанил вас Абакарил цебегоялдаса нахъе пикру букӏана умумузул нух цӏигьабизе. Районалъул нухмалъиялда дандги бан, байбихьана хӏалтӏи гьабизе.\n— Абакар, умумузул нух цӏигьабизе тӏоцебе лъил пикру ккараб?\n— Битӏараб бицани, гьеб пикруялде вачӏарав чи вукӏана дунго. Гъоркьиса, 19 июналда, гьенисан нух къан букӏана ва Хубаралдасан свериги бахъун хьвадизе кколаан. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана районалъул нухмалъулев Хӏажимурад Мусаевасда. Ниж кӏигониги нухалда щвана гьенире ва гьес абуна бажарараб кумек жинцаги гьабилин, байбихьейилан.\nРосдал гӏолохъабаздаги дандбана ва гьелги разилъана. Гьедин байбихьана нух гьабизе.\n— ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Камилпаша Гӏумахановги вугелъул гьединаб бакӏалда хӏажаталъув ватулев чи, гьесул рахъалдасан кумек щванищ?\n— Камилпашаца ахӏун бачӏана щиб къваригӏаниги абеян, бокьараб къоялъ къватӏибе бахъине хӏадурго кӏиго грейдер бугилан. Кӏудияб баркала буго гьесие.\n— Росдал гӏолохъабаз гьабун буго кӏудияб кумек…\n— Валлагь, гьабуна. Аллагьас кирилъун хъван батаги. «ШАХ» аптекабазул бетӏергьан Апанди Шахӏабасовас абуна жинцаги кӏвараб кумек гьабизе тӏаде босулин абун. Беркиханов Мухӏамадица рачӏана жанисан лъим биччалел маххул рогӏрал. Гьудул-гьалмагъзабазе ва киналго кумек гьабуразе буго кӏудияб баркала.\nГьанжеялде лъугӏун руго аслиял хӏалтӏаби, хутӏун руго гӏиси-бикъинал жал. Гьава-бакъ лъикӏлъарабго гьелги лъугӏизаризе руго."}
{"slug": "magiarul-maczialul-bitiunhvayalul-kagiidabazul-dandebosi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=magiarul-maczialul-bitiunhvayalul-kagiidabazul-dandebosi", "title": "Магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул къагӏидабазул дандебоси", "date": "2026-04-25 11:25:34", "categories": ["obrazovanie", "obshestvo"], "text": "2026 соналъул 13 марталда Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул Педералиял цӏех-рехазул централъул Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталда букӏараб битӏунхъваялъул комиссиялъул магӏарул группаялъул гӏалимзабазул данделъиялда, мацӏалъулъ ккарал хиса-басиялги хӏисабалде росун, хӏукму гьабуна магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул Къагӏидабазул цӏияб дандебоси газеталда кьезе. Нижеца гьеб кьолеб буго щибго хиси гьабичӏого. Гьелда тӏасан нужерго пикраби нижехъе ритӏани бокьилаан.\nРоссиялъул гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул Педералиял цӏех-рехазул централъул Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институт\nЦеберагӏи\nМагӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул къагӏидабазул гьаб цӏияб ва камиллъизабураб дандебосиялъе кьочӏое босана 1941 соналъ Ш.И. Микагӏиловас хӏадур гьабураб ва басмаялда бахъараб битӏунхъваялъул къагӏидабазул тӏехь. Гьеб тӏехьги ва гьелда цадахъ лъураб гьитӏинабго словарги (кинабниги щуазарго рагӏи) бахъун букӏана аслияб къагӏидаялда школазда пайда босиялъул мурадалда, ва кӏудияб хис-басго гьабичӏого, гьеб къватӏибе биччана 1955, 1966, 1978, 1989 соназдаги. 2021 соналъ къватӏибе биччана магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул кӏудияб гӏелмияб словар (И.А. Исхӏакъов, М.Гӏ. Мухӏамадов, М.Ш. Халилов). Гьелда жаниб цодагьалго хиса-басиял гьарун руго цере рукӏаразда тӏаде.\nЧара гьечӏеблъун лӏугьун буго, магӏарул мацӏалъул киналго рахъазулаб цӏех-рех гьабун, гъваридго ва мухӏканго лъазабиялъул кьучӏалда битӏунхъваялъул къагӏидаби камиллъизариялъул иш. Битӏунхъваялъул къагӏидабазул дандебоси гӏуцӏиялъ цӏакъго цӏикӏкӏараб пайда кьезе буго жакъа цӏалдохъабазеги, студентазеги, журналистазеги, вузазул ва гӏелмиял институтазул гӏалимзабазеги – къокъго абуни, магӏарул мацӏалда кӏалъалел ва хъвадарулел тӏолалго магӏарулазе.\nГьебги хӏисабалде босун, Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏазул, литератураялъул ва искуствоялъул институталъ планалде босана цереккун къабул гьарун рукӏарал къагӏидабазул кьучӏалда, аслияб куцалда гьезде мугъчӏвайги гьабун, нилӏер мацӏ загӏиплъулеб ва тӏагӏун унеб букӏинги хӏисабалде босун, жакъа къоялда хӏалтӏизабулеб литературияб мацӏалда рекъараб цӏияб битӏунхъваялъул къагӏидабазул дандебоси хъвазе.\nГьеб мурадалде щвезелъун Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул хӏалтӏухъабаз цӏидасан халгьабуна битӏунхъваялъул къагӏидабазул, ралагьана гьенир ругел гӏунгутӏаби, рукӏалиде ккезаруна ва камиллъизаруна цо-цо къагӏидаби.\nТӏоцебесеб иргаялда, мацӏ цӏунизе ккани, чияр мацӏаздаса рачӏарал рагӏаби (кинаб мацӏалдаса рачӏарал ругониги, батӏалъи гьабичӏого) магӏарул мацӏалъул къануназда рекъон хъвазе ккола. Амма жакъа къоялда жаниб гьеб тӏалаб тӏубазабизе цӏакъ захӏмалъизе букӏиналда бан, нижеца бихьизабулеб буго чияр мацӏалдаса рачӏарал рагӏаби гьеб мацӏалда ругел гӏадин хъвазе, цого-цо магӏарул мацӏалда гьечӏел гьаркьалги данде кколел магӏарул гьаркьаз хисун (порма, словар, лижаби ва гь.ц.) Гьелъ рес кьезе буго нилӏер хъвай-хъвагӏай жакъа нилӏер бугеб мацӏалде гӏагар гьабизе ва гьеб бигьалъизабизе. Хъвараб жо гъалатӏ ккечӏого цӏализе бажариялъул кӏудияб кӏвар буго гӏун бачӏунеб гӏелалда битӏараб мацӏ лъаялъе. Кӏиабизеги, магӏарул мацӏалда ругел киналго понемаби алпавиталде росизе ккола.\nРеспубликаялъулаб битӏунхъваялъул комисиялъул магӏарул группаялъ гьоркьобги лъун, гьенир гьарурал хиса-басиязул кьучӏалда гьаб Дандебосиялъул проект хӏадур гьабуна М.Гӏ. Мухӏамадовас.\nЦо-цо хӏарпазул битӏунхъвай\n1. Мукъулукъалъул ахадасан бахъулеб рагьукъаб ъ гьаракь цо-цо рагӏабазулӏ хъвала рагӏул бакьулӏги ахиралдаги. Масала, гьуърул, Муъминат, масъала, вабаъ, дуъдуи, Гӏайнаъ. Гӏемерисеб мехалъ гьеб гьаракь хъвачӏого тола. Масала, рии, роое (хъвазе кколаан риъи, роъое ва гь. ц). Гӏурус мацӏалдаса рачӏарал рагӏабазулӏ ъ ишара хӏалтӏизабула гьенибго гӏадин цо рагӏиялда жаниб гьаркьикъаб гьаракь хадуб бачӏунеб рагьараб гьаркьидаса тӏезабун абулеблъи бихьизабизе, масала: съезд, субъект, объект.\n2. Й хӏарпалъ гьаркьикъаб гьаракь бихьизабула. Гьеб хӏарп хъвала рагӏул авалалда и, о хӏарпазда цебе кколеб бугони: йилизе, йигьине, йокьизе, йорчӏизе, йолка.\n3. Я, Ю хӏарпал хъвала гьезда жаниб жинсияб гӏаламат гьечӏони, масала: ярагъ, ярагьине, баян, вачӏаная, юргъан, каюта, вахӏю. Жинсияб гӏаламат бугони, гьезул бакӏалда йа, йу хъвала: йачӏана, йуссана.\n4. Кӏирекъараб хх хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: биххизе, махх, раххан, ххвел, ххине, ххезе, ххам, буххизе, ххвезе, ахх.\n5. Кӏирекъараб сс хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: бессизе, буссине, руссун, ссан, сси.\n6. Кӏирекъараб лълъ хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: релълъине, малълъ.\n7. Кӏирекъарал кк, кӏкӏ ва чч хъвала литературияб мацӏалда рагӏулебщинаб бакӏалда. Гьел рагӏаби словаралда кьун руго.\n8. Кӏирекъараб цц хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: беццизе, ицц, ццин.\n9. Кӏирекъарал цӏцӏ ва чӏчӏ хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьездасан лъугьунел рагӏабазул цогидал формабазулъ: бацӏцӏине, бецӏцӏизе, буцӏцӏине, цӏцӏе, бечӏчӏизе, чӏчӏвад, речӏчӏизе, ричӏчӏ, бичӏчӏизе, мачӏчӏ.\n10. Ш, щ гьаркьал рагӏулебщинаб бакӏалда хъвала: шагьи, шал, шар, щар, щагӏир, щамат, щиб, щигӏру, щуго, вачӏанищ ва гь. ц. Литературияб мацӏалда гӏемерисеб мехалда ш гьаракь дандчӏвала цоги мацӏаздаса рачӏарал рагӏабазулӏ.\n11. лӏ гьаракь рагӏулебщинаб бакӏалда хъвала: лӏар, лӏутизе, рилӏине, нилӏ, нолӏ (гьеб гьаракь хъвазе кколел рагӏаби битӏунхъваялъул словаралъул ахиралда батӏагоги кьун руго).\n12. Пӏ хӏарп хъвазе кколеб рагӏи литературияб мацӏалда цо буго (гьопӏа), гьединлъидал гьеб хӏарп алпавиталда скобкабазда жаниб кьолеб буго.\n13. Залим, калам, цӏам, цӏум, жулам, хам, лъим, тӏом гӏадал рагӏабазул ахиралда м хъвала.\n14. Намус, накъит гӏадал рагӏабазул бетӏералдаги чаран, керен, гӏадан, чан гӏадал рагӏабазул ахиралдаги н хъвала.\n15. Хъ хӏарп кьибилазулӏ бугониги, супиксазулӏ ва ахиразулӏ бугониги, литературияб мацӏалда рагӏулебщинаб бакӏалда хъвала.\n16. Кӏутӏби цере цӏутӏизарун абизе кколел (лабиалиял) гьаркьал вхӏарпалъул кумекалдалъун рихьизарула: квар, къверкъ, кьватӏел, щвезе, квине. Жалго жидедаго чӏарал гьаркьал (понемаби) кколарелъул, гьел алпавиталде росун гьечӏо.\n17. Падежазде сверулаго, гӏемерлъул порма лӏугьунаго, цо-цо рагӏабазул кьибилалъул м гьаракь н гьаркьиде сверула, цогидазул — гӏаксалда сверула. Масала, гамачӏ — ганчӏил, ганчӏал, эмен — инсул; чаран — чармил, хъазан — хъазмил.\nПредметиял цӏаразул битӏунхъвай\n18. Кули, нус, муч, хӏуби гӏадал рагӏаби падежазде хисизарулаго, кьибилазулӏ бугеб у гьаракь о гьаркьица хисула: колол, носол, мочол, хӏобол.\n19. Гӏор абулеб рагӏи падежазде хисулаго, кьибилалъулӏ бугеб огьаракь у гьаркьица хисула: гӏурул.\n20. Рокъоб, зодоб, бокьоб гӏадал рагӏабазулӏ о хъвала.\n21. Ударение тӏоцебесеб слогалда бугел ва ахиралда у, о хъваялъулӏ щаклъи кколел предметиял цӏаразул ахиралда у хъвала: гӏе́лму, гӏа́кълу, щу́кру, гӏа́зу, па́гьму, ро́су, гьо́цӏу.\n22. Кӏиабилеб слогалда ударение бугел рагӏабазул ударениялде гъоркье кколеб рагьараб гьаракь рагӏухъе хъвала: хоно́, гьоло́, мачӏу́, рахъу́, накку́, чахъу́, гьоцӏо́.\n23. Лъабго слогалъулал рагӏабазул ахиралда о яги у хъваялда щаклъи ккани, кибго о хъвала: кьохо́рхо, мого́ро, хӏала́хӏо, хӏеле́ко, ма́диро, месе́до.\n24. Кӏиабилеб слогалде ударение кколел, тӏоцебесеб слогалда у яги о хъваялъулӏ щаклъи кколел рагӏабазулӏ у хъвала: гьуме́р, гӏурхъи́, тӏухьи́, гурде́, хӏухье́л, жуба́й ва гь.ц.\n25. Гӏаммал ва хасал цӏаразул кьовул падежалъул ва рачӏул падежазул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) ахиразда, цолъул ва гӏемерлъул порма батӏалъи гьечӏого, е хӏарп хъвала, гӏакдае, Гӏалие, гӏакдаде, рукъалъухъе, рукъзабазухъе, салулӏе, ганчӏикье.\n26. Жидедалъун цӏиял предметиял цӏарал лӏугьунел: -хъан, -лъи, ро, -ен, -ел, -кӏо, -ко, -гьан абурал супиксал литературияб мацӏалда рагӏухъе хъвала: хӏалтӏухъан, хӏалтӏухъаби, хъухъадиро, ретӏел, релъен, расанкӏо, расанкӏаби, чия́кӏо, хӏелеко, гьабигьан. Чи, чагӏи, чӏужу, руччаби абурал рагӏаби супиксаллъун ва журарал рагӏаби лӏугьинаризе хӏалтӏизарун ругони, рекӏун хъвала: зулмучи, бахӏарчӏужу, гьунарчагӏи, къоролруччаби.\n27. Кӏиго рагӏи цоцаде жубан лӏугьунеб тӏубараб цо магӏна бугеб предметияб цӏар жубан хъвала: квербацӏцӏ, хӏотӏочӏел.\n28. Журарал рагӏаби лӏугьунаго, хаслъул падежалъул супикс лгӏемерисеб мехалда гьоркьоб биччала: бачибокь, сологӏучӏ, хӏамизаз, билигъуд, къоркъотӏамах, гӏабкӏитӏамах, гьакибер, цӏороберал, цидурукъ, бакъанимех, рогьалимех.\nБаян: Цӏцӏелмегеж, чолхӏетӏе, цидулквачӏ (хурдузда цӏарал), цӏадалхӏама гӏадал рагӏаби хаслъул падежалъул супикс л цӏунун хъвала.\n29. Прилагателноялъул аслуялде тӏаде предметияб цӏар жубан лӏугьарал предметиял цӏарал рекӏун хъвала: багӏаргӏеч, багӏармесед, Чӏегӏергӏор, чӏегӏеркару, чӏегӏергьоло, багӏаргьоло, чӏегӏерхӏайван, хъахӏмикки, гӏурччинхер, хъахӏибил, чӏегӏерракь ва гь. ц.\n30. Предметияб цӏар предметияб цӏаралде жубан лӏугьарал ва жалги бакӏалъул хасал цӏараллъун ругел рагӏаби рекӏун хъвала: Кьилимегӏер, Гьирикъварилъи, Хӏаригабурлъи, Гӏарахъмегӏер (Сулахъ гӏор, Волга гӏор, Хъазан шагьар батӏатӏун хъвала).\n31. Гӏадамазул ва бакӏазул хасал цӏарал абулеб къагӏидаялда хъвала, кӏиго рагӏудасан лӏугьарал ругони, журанги хъвала: Хӏажи, Загьид, Мухӏамад, Гӏали, Гӏабдухаликъ, Махӏачхъала, Лъаратӏа, Болъихъ, Хъахӏабросу, Жалалудин, Хӏажимухӏамад, Гъазимухӏамад, Гӏалигъалбацӏ, Кӏудиябросу, тӏадинхо, Тӏасачӏугӏли.\n32. Кӏиго рагӏи цоцаде жубан, гӏага-шагараб магӏна лӏугьунеб цӏияб рагӏи гьоркьоб деписгун хъвала: хур-хер, гӏанкӏу-хӏелеко, росу-ракь, боцӏи-панз, азбар-къоно.\n33. Кӏиго рагӏудасан гӏуцӏараб ва гӏага-шагарлъи магӏна кьолеб жубараб рагӏуда гьоркьоб депис лъола: мада-гъадар, ахӏвал-хӏал, гура-сурун, хинкӏ-минкӏ ва гъ. ц.\nПрилагателноязул ва\nпричастиязул битӏунхьвай\n34. Росабазул цӏараздасан, наречияздасан, глаголаздасан лӏугьунел: салтӏасев, салтӏасей, салтӏасел, гьоркьохъеб, гьоркьохъей, гьоркьохъев, гьоркьохъел, абулев, абулей, абулеб, абулел, абулареб, абуларел гӏадал рагӏабазул ахиразда -ев, -еб, -ей, -ел хъвала.\nБаян: Цо-цо росдал гӏадамазул гӏаммал цӏарал -в, -ав, -яв, -иявсупиксазул кумекалдалъун лӏугьуна: датунав, дилимав, гунияв, чӏохъияв, кьохъияв, кӏахъияв, чӏикьияв ва гь. ц.\n35. Араб, бачӏунеб ва гӏахьалаб заманалъул причастиялъул гьечӏолъиялъул пормаялъул бищун хадусеб рагьараб гьаракь ехӏарпалдалъун хъвала: гьечӏеб, абичӏеб, абилареб, абулареб, букӏинчӏеб, букӏинареб, букӏунареб, лъечӏеб, лъелеб, лъолеб.\n36. Прилагателноязул ва причастиязул кьовул ва рачӏул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) падежазул ахиразда цолъул ва гӏемерлъул пормабазулӏ батӏалъи гьечӏого, е хӏарп хъвала: рекӏарасе, рекӏарасде, рекӏарасухъе, рекӏарасукье, хъахӏасе, хъахӏасде, хъахӏасухъе, хъахӏасукье ва гь. ц.\n37. Кьибил такрарлъун лӏугьунел прилагателноял ва причастиял депис лъун хъвала: багӏа-багӏараб, цӏакъа-цӏакъаб, чӏегӏе-чӏегӏераб, боса-босараб, вачӏа-вачӏарав.\n38. Журарал прилагателноязул магӏнаялъул чучлъи, ялъуни кутаклъизаби бичӏчӏизабулел кӏкӏуяб, ккараб, кьераб, хӏалаб, чараб гӏадал бутӏаби рекӏун хъвала: чӏегӏеркӏкӏуяб, багӏарккараб, бихьинмахӏаб, чӏегӏерчараб.\n39. -гӏан, -гӏадин абурал дандекквеялъул союзал гьоркьор риччан ругони, гьединал рагӏаби лахӏ, гӏазу, цӏо, бил, кан гӏадал рагӏабазда рекӏун хъвала: лахӏчӏегӏераб, гӏазухъахӏаб, цӏохъахӏаб, билбагӏараб, кантӏогьилаб ва гь.ц.\n40. Рикӏкӏеналъул кьибилалда тӏаде -гъатаб, -тӏалаяб, -багьаб, -бокӏонаб гӏадал рагӏаби журан лӏугьарал прилагателноял рекӏун хъвала. Мисал: кӏигъатаб, лъабтӏалаяб, кӏибагьаб, лъабокӏонаб ва гь. ц.\n41. Предметияб цӏаралде, къокъаб прилагателноялде -махӏаб, -хӏалаб, -кьераб, -ккараб жубан лъугьарал журарал прилагателноял рекӏун хъвала: оцмахӏаб, салихӏалаб, хъахӏилкьераб, гьитӏинккараб.\n42. Хаслъул падежалъул пормаялда тӏаде -аб супикс жубан прилагателноял лъугьуна магӏарул мацӏалъул рагӏабаздасанги (цӏадал-аб, тӏогьол-аб, хӏурул-аб), чияр мацӏаздасан рачӏарал рагӏабаздасанги (кислородалъул-аб, коллективалъул-аб, баркалаялъул-аб).\n43. Чияр мацӏаздасан рачӏарал рагӏабазда тӏаде -б, -ияб супиксал журанги лӏугьуна цӏиял прилагателноял: комедия-б, кооператив-ияб, капиталист-ияб. Гьел прилагателноязул лӏугьин цо букӏинги хӏисабалде босун, гьел киналго словаралда кьолел гьечӏо.\nЦӏарубакӏазул битӏунхъвай\n44. Ниж, нилӏ, нуж абурал цӏарубакӏал аслу цӏунун хъвала: нижер, нилӏер, нужер, нижее, нилӏее, нижее, нижеца, нилӏеца, нужеца ва гь. ц.\n45. Жиб, жив абурал цолъул пормаялъул цӏарубакӏаз киналго аслиял гурел падежазул кьибилазулӏ бугеб рагьараб гьаракь хисизабичӏого цӏунула; аслиял гурел падежазулӏ бугеб кӏиабилеб рагьараб гьаракьги и буго: жиндир, жиндие, жиндица (жинца абун хъвазеги бегьула). Гьел цӏарубакӏазул гӏемерлъул пормаялъул аслияб гурел падежазулӏ бугеб тӏоцебесеб рагьараб гьаракь и буго, кӏиабилеб е буго: жал — жидер, жидее, жидеца.\n46. Цӏарубакӏазул кьовул ва рачӏул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) падежазул ахиразда е хӏарп хъвала: лъие, лъихъе, сундухъе, лъилӏе, сундулӏе, лъикье, сундукье, дие, диде, дихъе, нижее ва гь. ц.\n47. Цӏарубакӏазул аслу такрарлъун лӏугьунел рагӏабазда гьоркьоб депис хъвала: жив-жив, жиде-жидер.\nРикӏкӏеназул битӏунхъвай\n48. Къадар бихьизабулел рикӏкӏеназул (цо, кӏиго, лъабго, ункъго, щуго, анлӏго, анкьго, микьго, ичӏго, анцӏго, нусго, азарго) ахиралда о хъвала: кӏиго тӏехь, лъабго тетрад.\n49. Жубараб рикӏкӏеналъул (кӏиго яги цӏикӏкӏун кьибилалдасан гӏуцӏараб) кьибилалда хадуб бугеб рикӏкӏен рекӏун хъвала: кӏинусго, лъабазарго, анцӏазарго.\n50. Гӏуцӏарал рикӏкӏенал батӏатӏун хъвала: кӏикъоялда анцӏила ичӏго; микьнусиялда лъабкъого, къоло кӏиго.\n51. Гӏага-шагараб къадар бихьизабулел рикӏкӏенал гьоркьоб деписгун хъвала: кӏиго-лъабго, ункъо-щуго.\n52. Чан-чан цадахълъи бихьизабулел рикӏкӏенал гьоркьоб деписгун хъвала: кӏи-кӏи, анцӏила щу-щу, кӏинус-нус.\n53. Иргадул рикӏкӏеназе хӏалтӏизабулеб -абилеб частица рекӏун хъвала: кӏиабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб ва гь. ц. Гьединал рикӏкӏенал гӏараб ципрабаздалъун хъвалел ругони, гьоркьоб деписги лъун, хъвала: 2-абилеб, 3-абабилеб, 5-абилев. Румазул ципрабазалъул хъвалел ругони, -абилеб частица хӏалтӏизабуларо, масала: XХӀ гӏасру, II бетӏер ва гь.ц.\n54. Рикӏкӏеналде тӏаде журалел -цӏул, -гъатаб, -ккун абурал пормантал рекӏун хъвала: кӏицӏул, лъабцӏул, ункъгъатаб, цо-цоккун, кӏи-кӏиккун, лъаб-лъабккун.\n55. Цо пуланаб къадаралдаса пуланаб къадаралде щвезегӏан къадар бихьизабулел рикӏкӏеназда гьоркьоб тире лъола, масала: 15-17 тонна.\n56. Прилагателноял гӏадал рикӏкӏеназул кьовул ва рачӏул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) падежазул ахиразда е хӏарп хъвала: кӏигоясе, кӏигоясде, кӏигоясулӏе, кӏигоясухъе, кӏигоясукье.\n57. Прилагателноял гӏадал рикӏкӏеназул хаслъул падежалъул ахиралда -ул хъвала: кӏигоясул, лъабгоясул; лъабасулго.\n33. Дробазулал рикӏкӏеназулъ щибаб рагӏи батӏатӏун хъвала:\n0,1 — анцӏго бутӏа гьабун цо бутӏа,\n1/8 — микьго бутӏа гьабун цо бутӏа,\n1,5 — цогин бащдаб;\n2,5 — кӏигогин бащдаб;\n8,3 — микьгогин анцӏилӏа лъабго,\n7,4 — анкъгогин анцӏилӏа ункъо,\n8,09 — микьгогин нусилӏа ичӏго.\nГлаголазул битӏунхъвай\n58. Глаголиял цӏаразул ахиралда гьал хадур рихьизарурал супиксазул цояб хъвала: -и, -ин, -ей, -ай, -ой, -уй (ахӏи, аби, букӏин, седей, кӏалъай, кьолой, цуй, туй).\nБаян: Щакал бакӏал ккани, глаголиял цӏаразул ахиразда хъвазе кколеб супикс битӏунхъваялъул словаралде балагьун лъала.\n59. Глаголалъул мурадияб пормаялъул ахиралда кидаго е хӏарп хъвала: абизе, букӏине, седезе, кӏалъазе, кьолозе, пузе.\n60. Глаголалъул тӏалабияб пормаялъул ахирал гьадин хъвала:\nа) ахиралда -ей, -и бугел глаголиял цӏаразулӏ кьибилалде тӏаде -ежубала: лъей — лъе, тей — те, седей — седе, лъедей — лъеде, ахӏи — ахӏe, кӏанцӏи — кӏанцӏе.\nБаян: Ахиралда -и, -ей бугел цодагьал глаголиял цӏаразул кьибилалде тӏаде -а жубанги лӏугьуна: ворти — ворта, щвей — щва, чӏей — чӏа;\nб) ахиралда -ин бугел глаголиял цӏаразул кьибилалде тӏаде -а жубан хъвала: букӏин — букӏа, вачӏин — вачӏа.\nБаян: Ахиралда -ин бугел цо дагьал глаголиял цӏаразул кьибилалде тӏаде -е жубанги лъугьуна: бачин — баче, мерхьин — мерхье;\nв) ахиралда -ай, -ой, -уй бугел глаголиял цӏаразул пормаги тӏалабияб пормаги цoхӏo буго: хъвай, кьолой, пуй;\nг) глаголазул кӏиго тӏалабияб порма бугони, словаралда кӏиябго кьун буго: гьуинлъизе, -ула, -ила, -ана, -е, -а; унтизе, -ула, -ила, -ана, -е, -а; хӏеккине, -уна, -ина, -ана, -е, -а.\n61. Ахиралда -и бугел глаголиял цӏаразул тӏалабияб глаголалъул гьечӏолъиялъул порма лӏугьуна кьибилалда тӏаде -уге жубан: абуге, кьабуге, ахӏуге.\n62. Ахиралда -ин бугел глаголиял цӏараздасан гьечӏолъиялъул тӏалабияб порма кьибилалда тӏаде -унге жубан лӏугьуна: лӏугьин — лӏугьунге, букӏин — букӏунге.\n63. Ахиралда -ей бугел глаголиял цӏаразул тӏалабияб глаголалъул гьечӏолъиялъул порма, кьибилалда тӏаде -оге жубан лӏугьуна: седей — седоге, рекъей — рекъоге, лъей — лъоге, щвей — щоге.\n64. Ахиралда -ай, -ой, -уй бугел глаголиял цӏаразул гьукъиялъул порма кьибилалда тӏаде -аге, -оге, -уге жубан лӏугьуна: кӏалъай — кӏалъаге, кьолой — кьологе, пуй — пуге.\n65. Тӏалабияб глаголаллъул гьарул порма тӏалабияб глаголалъул буголъиялъул букӏа, гьечӏолъиялъул букӏа пормаялде тӏаде -ги жубан лъугьуна: гьабе — гьабеги, гьабуге — гьабугеги, букӏа — букӏаги, букӏунге — букӏунгеги.\n66. Кьолболаб у бугел цо слогалъул масдарияб ва тӏалабияб пормаялъул глаголазул ахиралда -й бугони, гьеб -ги, -го, -гун, -гӏан, -дал союзал ва частицаби тӏаде журан лъугьарал пормабазулъги цӏунула: пуй — пуйги, пуйго, пуйгун, пуйгӏан, пуйдал; суй — суйги, суйго, суйгун, суйгӏан, суйдал; цуй — цуйги, цуйго, цуйгун, цуйгӏан, цуйдал; цоги батӏиял пормабазулъ цӏунуларо: пузе, пула, пуна; сузе, сула, суна; цузе, цула, цуна.\n67. Кьолболал у, о гьечӏел кӏиго ва цӏикӏкӏун слогалъул масдарияб ва тӏалабияб пормаялъул глаголазул ахиралда -й бугони, гьеб -ги, -го, -гун, -гӏан, -дал союзал ва частицаби тӏаде журан лъугьарал пормабазулъги цӏунула: квачай — квачайго, квачайгун, квачайгӏан, квачайдал; кӏалъай — кӏалъайги, кӏалъайго, кӏалъайгун, кӏалъайгӏан, кӏалъайдал; седей — седейги, седейго, седейгун, седейгӏан, седейдал.\n68. Кьолболал у, о гьечӏел кӏиго ва цӏикӏкӏун слогалъул гьарул ва цогидал пормабазулъ цӏунуларо: квачай — квачаги, квачазе, квачала, квачаге; кӏалъай — кӏалъаги, кӏалъазе, кӏалъала, кӏалъаге; седей — седеги, седезе, седола, седоге.\n69. Тӏалабияб глаголалъул гьесизарул пормаялъул ахиралда -инхъвала: цӏализин, хъвазин, абизин, букӏинин, боржинин.\n70. Вуго, йиго, руго ва гьечӏо абурал глаголазул ахиралда о хӏарп хъвала.\n71. Ахиралда -ин бугел глаголиял цӏараздасан гӏахьалаб заманалъул глаголал кьибилалда тӏаде -уна жубан лӏугьуна: букӏин — букӏуна, лӏугьин — лӏугьуна.\n72. Гӏахьалабги, арабги, бачӏунебги заманалъул глаголалъул гьечӏолъиялъул пормаялъул ахиралда о хӏарп хъвала: гьабичӏо, гьабуларо, гьабиларо.\n73. Гьабизе глаголалъул кумекалдалъун лӏугьунеб гьабизабул глагол гьадин хъвала: лъазабизе, кваназабизе, бачӏинабизе, букӏинабизе. Лъазе гьабизе, кваназе гьабизе, бачӏине гьабизе, букӏине гьабизе хъваниги битӏун буго.\n74. Кьибил такрарлъун лӏугьунел глаголазул кӏиябго кьибилалда гьоркьоб депис лъола: лъе-лъезе, щве-щвезабизе, тӏе-тӏезе, борт-бортизабизе, кьаб-кьабизе.\n75. Гьаби масдаргун цадахъ хӏалтӏизарулел рагӏаби, гьез цо магӏна кьолеб бугониги, батӏаго хъвала: кӏодо гьаби, пикру гьаби, хӏисаб гьаби ва ц.\nНаречиязулги деепричастиязулги битӏунхъвай\n76. Гьоркьоб, гӏодоб, кодоб ва гь. ц. наречиязулӏ кӏиябго рагьараб гьаракь о хӏарпалдалъун хъвала.\n77. Жаниб, къватӏиб гӏадал наречиязул ахирияб рагьараб гьаракь и хӏарпалдалъун хъвала.\n78. Журарал наречиял рекӏун хъвала. Масала: кӏалагъоркъе, чехьатӏаде, гьабсагӏат, чӏванкъотӏун.\n79. Ахиралда -и, -ин бугел глаголиял цӏараздасанги, гьединго цо слогалдасан гӏуцӏарал ахиралда -ей бугездасанги деепричастие лӏугьуна -ун супиксалъул кумекалдалъун: ахӏи — ахӏун, букӏин — букӏун, пуй — пун, лъей — лъун, щвей — щун, чӏей — чӏун.\n80. Ахиралда -ай, -ой бугел глаголиял цӏараздасан деепричастие лӏугьуна -н супиксалъул кумекалдалъун: хъвай — хъван, чӏвай — чӏван, бай — бан, кьолой — кьолон, сорой — сорон.\n81. Ахиралда -ей бугел глаголиял цӏараздасан деепричастие лӏугьуна -он супиксалъул кумекалдалъун: седей — седон, гьекъей — гьекъон.\n82. -аго супиксалъул кумекалдалъун лӏугьарал деепричастиязул буголъиялъул пормаялъул ахиралда букӏа, -ого супиксалъул кумекалдалъун лӏугьарал гьечӏолъиялъул пормаялъул ахиралда букӏа охӏарп хъвала: абулаго, букӏунаго, гьабичӏого, букӏинчӏого, абуларого, букӏунарого.\n83. Букӏунедухъ, абуледухъ гӏадал наречиял хъвалеб норма буго:ахирияб рагьараб гьаракьалъе у, цебехун е.\n84. Абухъе, букӏухъе, чӏовухъе, товухъе, седохъе, кьолохъе, лъедохъе гӏадал наречиязул ахиралда е хъвала.\n85. Жиндир кумекалдалъун деепричастие лӏугьунеб -дал супикс рекӏун хъвала: аби — абидал, букӏин — букӏиндал, лъай — лъайдал, седей — седейдал, кьолой — кьолойдал, пуй — пуйдал.\nСоюзазул, хадурегӏелазул ва частицабазул битӏунхъвай\n86. Амма, ва, ялъуни, гьединго, гӏадин, гӏадаб, я абурал союзал, гьединго гӏоло абураб хадурегӏел батӏа тӏун хъвала: мун а, амма дун инаро; Дов гӏадин цӏалани, мунги вукӏина отличник; Гӏали, гьединго Гӏумар тӏаде ана; Гӏали ва Гӏумар рокъор руго; Я мун, я дун; Дие гӏоло тӏубай дуца гьеб иш, мун киниги дун регӏун гьечӏо; Кинниги вачӏунги вугелъул, жаниве лӏугьа.\n87. -ги абураб союзги, -го, -гин, -лъила, -али, -ха, -ни, -цин, -лъуни, -лъунни, -лъидал, дай, -ин, -али, -ниги, -я (гьеб частицаялъул бакӏалда хӏалтӏизабун бугони), -ан, гӏан, -хъин, -ани, -щинаб, -гониябабурал хадурегӏелал ва частицаби цере ругел рагӏабазда рекӏун хъвала. Мунги дунги; мунго вачӏа; дунгин цадахъ; гьадав чи Гӏалилъила; Дунали вачӏинин, дуца щиб гьабизе бугеб? Гӏумарниги витӏе рохьове; Щайха мун вачӏинчӏев? Дунни вачӏинин, мун вачӏинищ? Гӏалицин вачӏинчӏо; Я дун, ялъуни мун ине ккола гьенире; Мунлъунни бокьиларо дие; Щибдай гьадаб? Гӏумарлъидал гъов вукӏарав; Лъидадай дов кӏалъарав; Мун ватилин вукӏана дун, гурев вукӏун вугоха; Дунали рокъове унев вуго; Щибниги лъаларо досда; Гьанибе босея гьеб; Довгӏан гӏезе дуе лъабго сон буго; Хӏалтӏизехъин вуго дов; Нухда гӏарац цӏикӏкӏун босарабани лъикӏан; Гьанив вугевщинав чи къватӏиве лӏугьа; Гьабгонияб тӏехь кисадай гьасие щвараб?\n88. Цоцаз, цоцазе ва гьединго гьезул цогидалщинал пормабиги гьоркьоб депис лъечӏого, цохӏо рагӏи гӏадин хъвала; гьезул тӏоцебесеб рагьараб гьаракьги о буго.\n89. Цитатиял частицаби -ан ва -ян цебе бугеб рагӏуда рекӏун хъвала. Амма чияр калам батӏа гьабизелъун кавичкабазде жанибе бачунниги, тиреялъ батӏа гьабунниги бугони, гьел супиксал батӏа хъвала: «Жакъа данделъи буго», — ян лъазабуна председателас.\nМеждометиязул битӏунхъвай\n90. Ле, огь, я, ия, ияхӏ, вай-вай, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, о ва гь. ц. междометиял аскӏор ругел рагӏабаздаса ратӏаго хъвала, гьездаса запятаяздалъунниги, ахӏул ишараялдалъунниги, суал ишараялдалъунниги ратӏа гьарула; гьезул цо тайпа тӏадехун бихьизабураб куцалда гьоркьоб деписгун хъвала.\nБатӏиял мацӏаздасан рачӏарал рагӏабазул битӏунхъвай\n91. Чияр мацӏаздасан рачӏарал рагӏаби хъвала магӏарул мацӏалда гьечӏел гьаркьалги гьезда данде кколел хӏарпалги хъвачӏого. Магӏарул мацӏалда гьечӏеб ф хӏарп хисун п хӏарп хъвала, ы хӏарпалъул бакӏалда и хӏарп хъвала, ь хӏарп хъвала гь, кь, хь кӏирекъарал хӏарпал лъугьине: пабрика, председател, параграп, пакъир, пиргӏавн, виговор, вимпел, виставка, учителница, учител, модел, гьаб, хьит, кьабизе.\n92. Ахиралда -а бугел рагӏабазул гьеб -а нахъе рехизе бегьуларо я аслиял, я цогидал падежазда: смета — сметаялъул, схема — схемаялъул, коммуна — коммунаялъул, каюта — каютаялъул, вахта — вахтаялъул.\n93. Ахиралда -ие бугел рагӏабазул аслияб падеж гьел ахиралги цӏунун хъвала, амма цогидал падежазда ахирияб -е хисун -я бачӏуна: заседание — заседаниялъул, собрание — собраниялъул.\n94. Школа, пабрика, аптека, почта, газета абурал рагӏабаз аслияб падежалъул ахиралда а цӏунулеб бугониги, гьезул цогидал падежазде хиси гьаркьикъаб гьаракь бугезул гӏадин лъугьуна: школа — школалъул, пабрика — пабрикалъул, газета — газеталъул; школаялъул, пабрикаялъул, газетаялъул хъвазеги бегьула.\n95. Ахиралда -ство, -ск супиксал ругел гӏурус рагӏаби ахиралда рагьараб гьаракь бугел магӏарул рагӏабазул къагӏидаялда хисула: производство — производствоялъул, министерство — министерствоялъул; Буйнакск — Буйнакскиялде, Минск — Минскиялде; ахиралда -изм супикс бугел ахиралда гьаркьикъаб гьаракь бугел магӏарул рагӏабазул къагӏидаялда хисула: социализм — социализмалъул.\nКӏудиял хӏарпазул битӏунхъвай\n96. Кӏудиял хӏарпал гьал хадур рехсарал бакӏазда хъвазе ккола:\nа) предложениялъул бетӏералда (тӏанкӏалда, суалияб ва ахӏул ишарабазда, гӏемер тӏанкӏазда хадур);\nб) кӏиго тӏанкӏалда хадур, цитата бачӏунеб бугони;\nв) кочӏол щибаб мухъил бетӏералда;\nг) хасал геограпиял цӏаразул бетӏералда;\nгъ) учреждениязул хасал цӏаразул бетӏералда;\nгь) журналазул, газетазул, тӏахьазул, асаразул хасал цӏаразул тӏоцебесеб рагӏул бетӏералда;\nд) праздниказул цӏаразул тӏоцебесеб рагӏул бетӏералда.\nе) орденазул ва медалазул опициалиял цӏаразул бетӏералда;\nж) чанго рагӏудасан гӏуцӏарал учреждениязда лъурал цӏарал хъвалаго, бищун цебесеб рагӏул бетӏералда кӏудияб хӏарп хъвала, цогидал рагӏаби гьитӏинал хӏарпаздалъун хъвала: Гӏелмабазул академия, Школазул институт;\nз) киналго абревиатураби (рагӏабазул бетӏерал хӏарпал росун гӏуцӏарал рагӏаби) чӏахӏиял хӏарпаз хъвала хъвала: ЮПО, РП, РД, США.\nБаян: Гьезда хадур рачӏунел падежиял супиксал рекӏун хъвала: ЮПОялъул.\nЦо мухъидаса цоги мухъиде рагӏи бикьун боси\n97. Рагӏаби цо мухъидаса цоги мухъиде слогазде рикьун росула, цебесеб хӏарпалдаса батӏа гьабичӏого: ща-къи, щакъи-тӏел.\n98. Цо хӏарп цо мухъалда тезеги, цогидаб мухъалде бачинеги бегьуларо. Ияхӏ, мун, ябу, ина.\n99. Цо мухъидаса цоги мухъиде рагӏи бикьун босулеб мехалъ, кӏутӏбузулал (лабиалиял) гьаркьазул в хӏарпги, гьединго ъ, ь ишарабиги цере ругел хӏарпаздаса ратӏа гьаризе бегьуларо: ба-къвана, макъ-ала, багь-ана. Кӏирекъарал абулел хӏарпазул (с, х, ц, лъ, кк, кӏкӏ, цӏ, чӏ) гӏаламаталги цоцаздаса батӏа тӏезаризе бегьуларо. Ъ хӏарп гьаракь бихьизабизе хӏалтӏизабун бугони, гьеб хадуб бугеб хӏарпалда цадахъ цоги мухъиде бикьун босула, масала: мас-ъала, гьу-ърул. Рагьул ахиралда бугони, цебе бугеб хӏарпалда цадахъ цоги мухъиде бикьун босула, масала: ваб-аъ.\n100. Цогидал мацӏаздаса рачӏарал рагӏабазулӏ рукӏунел кӏирекъарал хӏарпал цо мухъидаса цоги мухъиде росулаго, цоцадаса ратӏа гьаризе бегьула: про-грам-ма, ком-му-нист, кас-са, хӏат-та.\nПунктуация\nТӏанкӏ\n101. Тӏанкӏ лъола хабарияб предложение лӏугӏараб бакӏалда. Кӏудияб ахикь дирго бокьулеб гъветӏ бихьула дида. (P.ХӀ.).\n102. Цо-цо баянал, ричӏчӏулел-лъалел рагӏаби къокъ гьарун тараб бакӏалда, ва гь. ц. (ва гьел гурел цогидалги).\n103. Гӏодоре риччан абулеб тӏалабияб предложениялъул ахиралда. Мун метер гьаниве вачӏинчӏого чӏоге.\nСуалияб ишара\n104. Суалияб ишара лъола суалияб предложениялъул ахиралда. Щайдай дун гӏадамазда гьадин рихарав? (М.М.).\n105. Суалияб магӏнаялъул битӏараб каламалъулӏ авторасул рагӏабазда цебе. «Дунищ дуе къваригӏарав?» — ан гьикъана васас гьалмагъасда. (М.Ш.).\nАхӏул ишара\n106. Ахӏул предложениялъул ахиралда ахӏул ишара лъола. Ватӏаналъул эркенлъиялъе гӏоло хварал бахӏарзазе абадияб рец!\n107. Гьари, ялъуни буюри жинца бичӏчӏизабулеб предложение ахӏул интонациягун абулеб бугони, гьелъул ахиралдаги ахӏул ишара лъола.\nДуе нух битӏаги, тӏадмагӏарул вас,\nТӏадегӏанал ракьал цӏунизе унев! (3.ХӀ.).\n108. Ахӏул интонациягун абулеб бугони, хитӏабалда, междометиялда, гьединго у ва гуро абурал рагӏабазда хадуб. Гӏашура! Мун сваканги ятила, Супагун цадахъ дур кӏущтӏа рокъобе щвезабилищ! (Р.Хӏ.).\nОгь! Дидаги лъала, лъимги гьечӏони,\nБакъги рекъечӏони, гъветӏ бакъвалеблъи. (Р.Хӏ.).\nГуро! Гьеб дие кидаго бокьуларо.\nЗапятая\nЗапятая лъола:\nа) Тайпа цоял членал цоцаздаса тӏезаризе:\n1) союз гьечӏел тайпа цоял членал: Салман тӏаде вахъана, рахъ-рахъалде валагьана. (М.М.);\n2) союзгун ругел кӏигоялдаса цӏикӏкӏарал тайпа цоял членал цоцаздаса ратӏа гьаризе: Ахӏмадги, Салманги, Сурхайги ахикьехун ана;\nб) ахӏул интонациягун абулареб хитӏаб батӏа тӏезабизе: Биччай, Пидел, гӏебал гьел дур гъуждузде гъалараб буртина тӏаде рехизе (Р.Хӏ.). Хӏасан-даци, рохел бицун, щиб кьелеб? (М. С.);\nв) бутӏал ялъуни тире лъун тӏезаруларел гьоркьор кколел рагӏаби ва предложениял ратӏа тӏезаризе: Бицанихъе, гьав чи Мусал гьобол вуго;\nг) ахӏул интонация гьечӏого абулел междометиял ратӏа тӏезаризе: Вахӏ, гьаниб телепоналъухъе бакӏарун бугила халкъан гурищ дида абураб? (М.С.) ;\nгъ) «у» ва «гуро» батӏа тӏезабизе:\n— Мун самолеталдайищ вачӏарав?\n— Гуро, дун поездалда вачӏана.\n— Нилӏ жакъайищ экскурсиялъ рахъинел?\n— У, жакъа рахъина;\nгь) батӏалъизабураб определение тӏезабизе: Нилӏеда гъоркьов Гӏабдула вуго, жакъадго тӏад вусине кколев;\nгӏ) батӏалъизабураб цадахълъел тӏезабизе: Нилъер Ватӏан, Росиялъул Педерация, дунялалда бищун кӏудияб улка буг;\nд) деепричастиял гӏуцӏиял ратӏа тӏезаризе: Тӏад хинаб ретӏелги ретӏун, чуги кьолон, Ризван сапаралде вахъана;\nе) заманлъун ва бакӏлъун ругел ратӏалъизарурал хӏалал ратӏа гьаризе: Нилӏер гьаниб, Дагъистаналъул ракьалда, хасел цӏакъго квачараб букӏунаро. Гьанже, гьутӏби тӏегьалеб гӏужалда, нилӏер ах цӏакъго берцинго букӏуна;\nж) гьоркьоса рахъилъун ругел сверелал ратӏа гьаризе: Киналго лъимал, Мансур хутӏизегӏан, школалде щун ругоан;\nз) союзгун бугеб жубараб сокӏкӏараб предложениялъулӏ гӏадатал предложениял цоял цояздаса ратӏа тӏезаризе: Цӏад чӏана, ва ниж сапаралъ рахъана;\nи) союзал ва союз рагӏабигун ругел тӏаджурарал предложениял бетӏерал предложенияздаса ратӏа гьаризе: Кватӏичӏого цӏад базе бегьула, щайин абуни милъирщаби гӏодорегӏанисан роржунел руго;\nк) бетӏераб предложениялъул жинца баян кьолеб рагӏуда хадуб ккун бугони, определениелъун тӏаджубараб предложение батӏа гьабизе: Жакъа нижеца къед лӏугӏизабуна, сон Гӏумарица кьучӏ лъураб;\nкъ) хӏалаллъун тӏаджурарал предложениял бетӏераб предложениялдаса ратӏа гьаризе: Гӏусман, нижехъе тӏехьги кьун, рокъове ана. Цӏцӏе кӏанцӏаралъусан, бурутӏги кӏанцӏула. (К.) Абакар вачӏинегӏан, Ибрагьим кьижичӏо. Гӏамир кватӏидал, Султан рахӏат хун вукӏана;\nкь) шартӏиял ва уступителниял тӏаджурарал предложениял бетӏерал предложенияздаса ратӏа гьаризе: Мун вачӏунарев ватани, нижеда хабар лъазабе. Сардил квачараб заман букӏаниги, гьалмагъзаби кьижун ратичӏо.\nТӏанкӏгун запятая\nТӏанкӏгун запятая лъола:\n109. Тайпа цояллъун ругел тӏиритӏарал членал, хасго гьезда жанир запятаялги ругони, ратӏа тӏезаризе: Бецӏлъуда дида цере гьадалго чӏегӏерал, щалали лъаларел жал чӏана; дагьаб добегӏан бугеб хъарахъ добе-гьанибе хьвагӏулеб бугеблъун кколаан; зобалда бадире чол гӏундул кколаан цоцаздаса рикӏкӏадегӏан эхетарал, рорхатал мугӏруллъун.\n110. Союз рагӏабиги гьечӏого журарал сокӏкӏарал предложениязул бутӏабилъун ругел предложениял цӏакъго тӏиритӏарал ругони, гьезда жанир запятаялги ругони, ялъуни магӏнаялъулӏ гьел гӏураб къадаралда жалго жидедаго чӏарал ругони, гьел ратӏа гьаризе: Нижеда гӏагарлъухъ гьайбатал мокъокъал къвакъвадулел руго, цо-цоял хъирщадун хӏурги бахъинабун, хъудулел, доре-гьанире цӏаруцӏахъдилел ругоан; тириял, тохал, цидалал гьезие щибго лъазе къваригӏун, сундаго гозо кӏутӏизе бокьун бугоан, ва иргаялда гудраца кквезе руго гьел.\n111. Тайпа цоял тӏиритӏарал тӏаджурарал предложениял, жанир запятаялги ругони, цоцадаса ратӏа гьаризе: Тӏинкӏун унеб кӏверкъи тӏегьалеб мехалъ; махил гьотӏол букӏдул рихъулеб мехалъ; гӏинтӏидул хъархъаз букӏкӏараб тӏамах тӏибитӏизабулеб мехалъ; гъулдузда гӏурдал дахӏаялъул багӏараб, хъахӏилаб, хъахӏаб ва тӏогьилаб кьералъ чарал тӏансаби тӏамураб сурат цебе чӏезабулеб мехалъ; кутакалда рекьуде бараб халкъ гӏадин, цоцахъ балагьичӏого, доре-гьанире наял роржанхъулеб мехалъ, гьалдейищ дун регӏун вукӏарав.\nГӏемертӏанкӏал\nГӏемертӏанкӏал лъола:\n112. Бицунеб жо лӏугӏичӏолъи бичӏчӏизабизе: Жакъа школалда… нилӏ метерги рихьизе руго.\n113. Цо кинаб бугониги гӏиллаялдалъун, кӏалъалесул, я хъвалесул виха-хочиялъ предложение тӏубачӏого гьоркьоб къотӏун букӏин бичӏчӏизабизе: Вилӏа Кубаялде… дора дир кверал Куркьбазде руссана, воржунев вуго. (Р.Хӏ.).\n114. Росарал рагӏабазулӏ цитатал тӏуран гьечӏолъи 6ичӏизабизе: «Эбел, нолӏ нилӏеде вачӏун вукӏарав… гьобол щив…» (Цӏ.Хӏ.).\nТире\n115. Тайпа цоял членазда хадуб гӏамлъул рагӏуда цебе: Расулги, Басирги, Мухӏамадги, Ахӏмадги — киналго устарзаби жакъа къебелъухъ данделъана.\n116. Союз гьечӏого жубараб сокӏкӏараб предложениялъулӏ:\nа) хехаб хиси ккей бихьизабулеб бакӏалда. Пири пирхана — сверухълъиго гвангьана;\nб) гӏаксаб магӏнаялда кколеб бугони: Нилӏ Гӏалихъе унел руго — Гӏали къватӏиве унев вуго.\n117. Составияб сказуемоялъул связка гьоркьоб биччараб бакӏалда: Щуцӏул щуго — къоло щуго.\n118. Битӏараб каламалъул репликабазда цебе:\n— Дуда цӏар щиб?\n119. — Гьоркьор ккарал предложениял ратӏа гьаризе: Дов — Къурбаницаги бицунаан, — дагьав кӏвахӏалав вукӏана.\n120. Битӏараб каламалъулӏ авторасул рагӏаби ратӏа гьаризе: «Дуцайищ дун ахӏарав?» — ан абуна Къадица.\nКӏитӏанкӏ\nКӏитӏанкӏ лъола:\n121. Гӏамлъул рагӏуда хадуб тайпа цоял членал ругони: Кидаго: къадги къасиги — чвахулеб лъадал гьаракь рагӏулеб букӏуна.\n122. Союз гьечӏеб жубараб сокӏкӏараб предложениялъулъ:\nа) цебесеб предложениялъулӏ бицунеб жоялъе гӏилла бихьизабулеб хадусеб предложение бугони: Нижеца кӏудияб цӏа бакана: ниж кутакалда квачан рукӏана;\nб) цебесеб предложениялъул магӏна баян гьабулеб кӏиабилеб предложение бугони: Гьанже нижер росу берцинго бихьула: сверухъ ахал гьарун руго, росулӏе канлъи бачун буго;\nв) тӏоцебесеб предложениялъулӏ бицараб жо кӏиабилелъ тӏаде цӏикӏкӏинабулеб бугони, кӏиабилеб предложениялда цебе: Дун гӏенеккун вуго: дида чол рекӏаразул гьаракьги сасги рагӏулеб буго.\n123. Битӏараб каламалъулӏ авторасул рагӏабазда хадуб: Тӏайгибица гьалмагьасда абуна: «Мун хӏадурлъунищ вачӏарав?»\nБутӏал (скобкаби)\nБутӏал лъола:\n124. Тӏиритӏарал гьоркьор ккарал предложениял ратӏа гьаризе: Цо нухалда хъутаналдаса рачӏунаго (гьеб букӏана 1964 соналъул ихдал заман) нижеца Шишиликӏалда сордо базе ккана.\n125. 81б. Батӏи-батӏиял тӏаде магӏна кьезе кьурал рагӏаби жанире рачине: Ботаникаялъул (хурдузул хӏакъалъулӏ гӏелмуялъул) Сагӏадулагъица гьитӏинаб мехалъго хӏисаб гъабулаан.\nМалъал (кавичкаби)\n126. Абзацал гьечӏого бугеб битӏараб калам батӏа гьабизе: «Нилӏ гьанже гьанир чӏела», — ян абуна Идрисица дида.\n127. Цитатал цоцаздаса ратӏа гьаризе: Магӏарулазул аби буго: «Инсул гьоболги тоге, умумузул нухги тоге», — ян абун."}
{"slug": "insan-gialimchi-va-zhamgiiyav-hiarakatchi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=insan-gialimchi-va-zhamgiiyav-hiarakatchi", "title": "Инсан, гӏалимчи ва жамгӏияв хӏаракатчи", "date": "2026-05-05 10:46:00", "categories": [], "text": "Исана 100 сон тӏубала гӏалимчи Хӏажи Хӏамзатов гьавуралдаса. Гьелда бан ДРялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул филологиялъул рахъалъ Северияб Кавказалъулго тӏоцевесев академикасул юбилей гӏатӏидго тӏобитӏизе. Гьесул хӏурматалда республикаялда гӏуцӏизе руго батӏи-батӏиял тадбирал. Гьединаблъун ккола 28-30 апрелалда Федералиял гӏелмиял цӏех-рехазул Дагъистаналъул централда (ДФИЦ) тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб гӏелмияб дандеруссинги.\nГьелда гӏахьаллъана Россиялъул регионаздаса ва къватӏисел улкабаздаса рачӏарал гӏалимзаби. Хӏурматиял гьалбаллъун рукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Ризван Гъазимухӏамадовги РАНалъул академик, ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏелмияв нухмалъулев Хизри Гӏамирхановги. Данделъи нухда бачана РАНалъул академик, ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас. Данделъиялъул гӏахьалчагӏазде саламалъул хитӏабги гьабун, гьез ракӏалде щвезавуна Хӏажи Хӏамзатов – инсан, гӏалимчи ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда, бицана Дагъистаналъул гӏелмияб идара гӏуцӏиялъулъги республикаялда маданиятгун гӏелму цебетӏезабиялъулъги гьес лъураб бутӏаялъул хӏакъалъулъ.\nХӏажи Хӏамзатов гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Хунзахъ районалъул Цӏада росулъ Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил хъизамалда. 1943 соналда лъугӏизабуна Гӏараниб росдал школа, 1948 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб институталъул физикаялъулгун математикаялъул факультет ва 1960 соналда – КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Партиялъул тӏадегӏанаб школалъул журналистикаялъул отделение.\nАвар адабияталъул классикаллъун рахъарал эмен Хӏамзатилги вац Расулилги шигӏрияб гьунаралъ кӏудияб лъалкӏ тана вукӏинесев академикасул гӏумруялъулъ. Физикагун математикаги жибго тун, Хӏажи Хӏамзатов машгъуллъана адабияталъул гӏелмуялде, ва 1970 соналда гьес цӏунана филологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. Гьеб хъван букӏана «Цӏадаса Хӏамзатил гӏумрудул ва творчествоялъул нух: революциялдаса цебесеб заман» абураб темаялда. Ичӏго соналдасан цӏунана филологиял гӏелмабазул докторлъиялъе диссертация (1979). 1984 соналда вахъана СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул член-корреспондентлъун ва 2000 соналда Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул академиклъун.\n1943-1949 ва 1957-1962 соназда Хӏ. Хӏамзатов хӏалтӏана Дагъистаналъул СМИязда, радиоялда ва телевидениялда. Вукӏана Дагъистаналъул Министрзабазул советалда цебе букӏараб Радиовещаниялъулгун телевидениялъул комитеталъул председательлъун (1962-1970) ва ДАССРалъул культураялъул министрлъун (1970-1972). Лаборанталдаса байбихьана Хӏ. Хӏамзатовасул гӏелмияб нух. Болъоялда хадуб болъо толаго, гьес нахъа тана батӏи-батӏиял хъулухъал ва ахирги ккана РАНалъул Дагъистаналъул Гӏелмияб централъул президиумалъул председателасул тахиде. 1972-2005 соназда вукӏана ИЯЛИялъул директорлъун ва 2005 соналдаса – гьелъул гӏелмияв нухмалъулевлъун.\nАкадемикасул гӏумрудул ва гӏелмияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана Мацӏалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Абусупян Акамовас. Дагъистаналъул адабияталъе пайдаяб хӏаракатлъун рехсана гьес академикасул таржамачилъиги. «Хӏ. Хӏамзатовас магӏарул мацӏалде руссинаруна Михаил Лермонтовасул «Кӏиго вац» абураб драма, Максим Горькиясул «Херав», Алексей Островскиясул «Доходное место», Борис Лавреневасул «Голос Америки», Михаил Кильчичаковасул «Медвежий лог», Поль Бомаршел «Безумный день, или Женитьба Фигаро», Лопе де Вегал «Фуэнте Овехуна» абурал пьесабиги, Ю. Фучикил «Репортаж с петлей на шее» ва Гӏабдула Каххарил «Милые матушки» абурал къисабиги. Гьединго гӏурус мацӏалде буссинабуна Цӏадаса Хӏамзатил «Хьитазул устар» абураб пьесаги», — ян бицана А. Акамовас.\n* * *\nГьебго къоялъ Махӏачхъалаялда, Гӏурус театралда данделъун рукӏана академик Хӏажи Хӏамзатовасул 100 сонилаб юбилей кӏодо гьабизе. Тадбиралъул гӏахьалчагӏазда гьоркьор рукӏана академикасул хъизан-лъимал, гӏагарлъи, росуцоял, цадахъ хӏалтӏарал, Дагъистаналъул хӏукуматалъул вакилзаби.\nДагъистаналъул бетӏер С. Меликовасул рахъалдасан Хӏ. Хӏамзатовасул юбилей баркана ва гьесул бечедаб гӏелмияб ирсалъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Муслим Телякавовас:\n— Хӏажи Хӏамзатовас рикӏкӏунаан культураги лъайги кколин жамгӏият цебетӏеялъул аслулъун. Гьесул рикӏкӏен гӏемерал монографиялги сайгъат гьарун рукӏана гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул культура, адабият церетӏезариялъе шартӏал гӏуцӏиялъе. Хас гьабун кӏвар кьолаан гьес халкъияб кӏалзул гьунаралдеги. Гьев хутӏана дунялалдаго Хӏамзатовазул машгьураб тухумалъул мустахӏикъав вакиллъун. Хӏ. Хӏамзатовичас дунялалъего бихьизабуна Дагъистаналъул интеллигенция жиндирго умумузул кьалбаздаса киданиги тӏолареблъи, — ян абуна гьес.\nГьединго дандеруссиналда кӏалъана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевги. Гьес гӏаммаб къагӏидаялда цоги нухалда ракӏалде щвезабуна Дагъистаналъул маданиятги адабиятги церетӏеялъул нухал. Бицана Хӏ. Хӏамзатовасул заманалда республикаялъул культураялда ва адабияталда ккарал церетӏеязул ва хиса-басиязул хӏакъалъулъ.\nГьединго баркиялъулал кӏалъаял гьаруна Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевас гьебго районалъул бетӏерлъун вукӏарав, гьабсагӏаталда Приморский краялъул бетӏерасул заместительлъун хӏалтӏулев вугев Сагӏид Юсуповас, ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас.\nТадбиралда цере рахъана «Кочӏолаб Чӏарада» бихьиназул хор, «Молодость Дагестана» кьурдул ансамбль, Дагъистаналъул мустахӏикъал артисткаби Гӏайшат Тажудинова ва Хиринду Султӏанова, Белек ва Салман Гӏабасовал, Гӏурус театралъул актерал. Данделъи нухда бачана Дагъистаналъул халкъияв артист Алексей Тимохиница.\nКАВСАРАТ СУЛЕЙМАНОВА,\nШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА"}
{"slug": "kumek-gabe-hiazhatase", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kumek-gabe-hiazhatase", "title": "Кумек гьабе хӏажатасе…", "date": "2026-05-05 14:55:30", "categories": ["obshestvo"], "text": "Марталъул ахиралда, апрелалъул байбихьуда Дагъистаналда ккараб тӏабигӏияб къварилъиялъ батӏи-батӏиял пикраби гьаризе тӏамулел руго нилъ. Тӏоцебесеб иргаялда, гьел хурхарал руго халкъазул, миллатазул гӏаданлъиялъул гьоркьорлъабазда. Кигӏанго вахӏшияб, инсанас инсанасдехун гьабулеб адаб-хӏурмат гьечӏеб капитализм гӏуцӏулел ругониги, бихьулеб буго гӏадамазул гӏаданлъиялъул, къо ккаралъуб кумек гьабизе хӏадурал рукӏиналъул хасиятал нилъелъа тӏуранго хун гьечӏолъи.\nДунялалдаго ва гьединго Дагъистаналъул халкъазда гьоркьорги кколел гӏиси-бикъиназдаса чӏахӏиязде щвезегӏан, цо-цо бакӏазда цоцазда ричӏчӏунгутӏиялъул, ракӏжубай гьечӏолъиялъул, жалго жидедаго чӏун гӏумру гьабизе хӏаракат бахъиялъул хӏужаби гӏезегӏанго рукӏана. Цоцазухъе тӏаде-гъоркье раккун, гьоболлъухъе унеб къагӏида, цебе гӏадаб ракӏжубай дагьго букӏанин абизе бегьула.\nДагъистаналъул батӏи-батӏиял районазда ва шагьаразда ккараб балагьалъул хӏасилалда аза-азар мина-карталъе кӏудияб зарал ккарал къоязда дагъистаниязда бичӏчӏана нилъ жалго хутӏун гьечӏеблъи. Гӏицӏго Махӏачхъала шагьаралда лъелъ тӏерхьана 3700-гӏанасеб рукъ. Гьабсагӏаталда унеб буго гьезул хӏисаб гьаби, лъие кигӏанасеб зарал ккун бугебали мухӏкан гьаби.\nГьеб къварилъи бигьа гьабизе кумек гьабулеб буго Россиялъул батӏи-батӏиял субъектаздаса гурелги, къватӏисел пачалихъаздасацин рачӏунел гӏадамаз.\nНилъехъе рачӏана ва рачӏунел руго Аштархан, Владимир, Свердлов, Орел областаздаса Адыгеялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Калмыкиялдаса, Кубаналдаса, Ингушетиялдаса, Саха-Якутиялдаса, Чачаналъа ва цогидалги бакӏаздаса гӏадамал кумекалъулаб квергун. Гьез дагъистаниязе кьолеб буго гьекъолеб лъим, ретӏел-хьит, чадрал, кванил нигӏматал, дараби, ток гьабулел, гьединго хинлъи кьолел генераторал, резиналъул чакмаби, бензиналъул хъухъадираби ва цогидабги хӏажатаб алат.\nДагъистаналдехун бугеб лъикӏаб бербалагьи Россиялъул президент В. Путиница иргадулаб нухалдаги бихьизабуна, ккараб къварилъиялъул суалги гьоркьоб лъун, федералиял хӏакимзабазул данделъи тӏобитӏиялдалъун. Гьениб гӏуцӏараб хасаб комиссиялъул членаз, бакӏалдеги рачӏун, Дагъистаналъул нухмалъулелгун цадахъ, чӏванкъотӏараб хӏалтӏи гьабулеб буго иш рукӏалиде ккезабиялъул мурадалда.\nКъварилъи ккедал къватӏисел пачалихъазги кумек гьабиялъ бихьизабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул гьез къимат гьабулеб букӏин. Масала, Казахстаналъул вакилзаби щвана Хасавюрт, Гумбет ва Бабаюрт районазде. Гьениб ккараб заралалъул, гьезие къваригӏаралъул хӏисабги гьабун, рахӏму-цӏобалъул фондаздасан кумек гьабулеб буго.\n«Кумекалда гӏорхъи лъаларо!» абураб ахӏиялда гъоркь гьениб жидерго бутӏа лъолеб буго Туркменистаналъул Дагъистаналда цӏалулел ругел студентазги.\nГӏаданлъиялъулаб борч\nЛъицаниги буюрухъ кьечӏониги, республикаялдаса, Россиялъул цогидал бакӏаздаса рачӏун, жидерго гӏаданлъиялъулаб борч тӏубазабулеб буго жамгӏиял гӏуцӏабаз ва аза-азар волонтеразул къокъабаз. Гьезда гьоркьор дагьал гьечӏо «Россиялъул халкъазул ассамблея» пачалихъиябгун жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏаракатчагӏиги. Гьез хвасар гьаруна гӏадамал, рукъалъул хӏайванал ва буголъи, Мамедхъалаялда, Махӏачхъалаялда, Хасавюрталда ва цогидал бакӏаздаги кумек гьабулеб буго рищни-къулалдаса рукъзал, къватӏал рацӏцӏад гьаризеги. Волонтеразда гъорлъ руго Запорожьеялдаса, Донецкиялдаса гӏолохъабиги.\nХӏажатаб кумек бакӏаризе, гьеб цойиде ккезабун, къварилъи ккаразухъе щвезабиялъулъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб буго рахӏму-цӏобалъул батӏи-батӏиял фондазги. Гьезда гьоркьор руго «Инсан», «Народный фронт», «Почёт», «Доктор Лиза», «Чистое сердце», «Ният», «Закят» ва цогидалги фондал. Гьез бакӏарараб гӏарац унеб буго хӏажатаб къайи босизе.\nГӏадатиял гӏадамазул ишалъулаб кверчӏвай\nБатӏи-батӏиял идарабаз ритӏун, хӏакимзабазул амруялда рекъон гуреб, жидерго намусалъул тӏалабалда рекъон, Россиялъул гӏемерал гӏадамаз гӏарцудалъун букӏа, цогидаб къагӏидаялда букӏа кӏудияб кумек гьабулеб буго зарал ккарал гӏадамазе. Масала, Мамедхъалаялдаса тренерлъун хӏалтӏулев кӏудияб хъизамалъул инсуе Халкъазда гьоркьосеб боксалъул ассоциациялъул президент Гӏумар Кремлевас гьабуна кӏудияб кумек. Василий Вакуленкоца миллион гъурущ кьуна «Надежда» фондалде. Кочӏохъан Жасминица, телеведущая Ида Галичица, блогер Виктория Боняца ва цогидазги цо-цо миллион гъурущ кьун ва цогидаб хӏажатаб кумек гьабун рохизаруна мина-карт гьечӏого хутӏарал дагъистаниял. Нальчик шагьаралдаса вачӏун, бугеб ахӏвал-хӏал бихьарав гӏолилас живго рекӏун вукӏараб мотоцикл кьуна «гьабги бичун, гӏадамазе кумек гьабеянги» абун. Нижневартовск шагьаралдаса нилъер ракьцояз бакӏарун, Дагъистаналъул фондалде кьуна 500 азарго гъурущ гӏарац. Анкьго сон барав Ф. Алхасовасцин, дагьа-макъаб бугониги, жиндир букӏараб гӏарац фондалде кьураб мехалда, кинха абилеб нилъер гӏадамазул гӏаданлъи хун бугин абун.\nДида ккола нилъее гьабулеб кумек бугин жиндир заманалда дагъистаниязги батӏи-батӏиял субъектазе, гьезул гӏадамазе къоккараб заманалда гьабураб кумекалде данде гьабулеб жавабилан. Гьединлъидал гӏаданлъи киданиги хвезе тезе бегьуларо. Тавпикъ кьеги нилъее кумек гьабуразеги гьезие квербакъи гьабурал нилъееги.\nЗ. Ильясов"}
{"slug": "dir-kalendaralda-hutiana-shapi-r-hiamzatov", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dir-kalendaralda-hutiana-shapi-r-hiamzatov", "title": "Дир календаралда хутӏана Шапи… (Р. Хӏамзатов)", "date": "2026-05-05 14:59:14", "categories": ["insan", "lit", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "26 апрелалда Махӏачхъалаялда, Лъарагӏ театралда ракӏалде щвезавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев. (Гьесул гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ хӏужаби нижеца рехсон рукӏана газеталъул 12-абилеб номералдаги).\nДандеруссиналда гӏахьаллъана хъвадарухъанасул гьудулзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, росуцоял, гӏагарлъи. Тадбир нухда бачана журналист, фотограф ва режиссер Юлия Майоровалъ. Хъвадарухъанасул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Марина Ахӏмадовалъ, «Гьудуллъи» журналалъул бетӏерав редактор Мурад Ахӏмадовас. Шапил лъимерлъиялъул, балугълъиялъул ва гӏолиллъиялъул хӏакъалъулъ вац Махӏачил ва яцалъул ракӏалдещвеяз кӏудияб асар гьабуна данделъиялъул гӏахьалчагӏазе.\nТадбиралъул байбихьуда бихьизабуна хъвадарухъанасул творчествоялъул бицунеб фильмги. Ш. Казиевасул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачевас ва Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Тӏалхӏат Кантуловас ва гьесул гӏагарай гӏадан, ДГУялъул студентка Амина Къурбановалъ.\nГьединго рихьизаруна Гӏурус театралда лъурал Шапил пьесабаздаса бутӏабазул видеороликалги.\nТадбиралъул ахиралда данделъиялда гӏахьаллъаразе баркала загьир гьабуна Шапи Казиевасул вас Мухӏамад Казиевас.\nДагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев вукӏана Дагъистан Республикаялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи. Гьев мустахӏикълъана «За заслуги перед Республикой Дагестан» орденалъе, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Кӏудияб литературияб премиялъе, «За профессиональное мастерство», «Лучшие перья России» премиязе ва цогидалги тӏадегӏанал шапакъатазе.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "kavkazalul-rechichiuhabazul-mesedil-bachiin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kavkazalul-rechichiuhabazul-mesedil-bachiin", "title": "Кавказалъул речӏчӏухъабазул меседил бачӏин", "date": "2026-05-05 15:09:14", "categories": ["shapak-atal", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏабдурашидил «Топ- 5» ва Тираналъул ургуялда магӏарулазул гуч\nДагьал церегӏан къоязда Албаниялъул тахшагьар Тираналда рагӏалде бахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат. 24-26 апрелалда гьениб лъугьа-бахъунелде буссун букӏана спорталде интерес бугевщинав чиясул кӏварги, берги, пикрабиги. Дагъистаналдаса анкьго гугарухъанас гӏахьаллъи гьабуна турниралда, ва анкьасго лъикӏаб хӏасилги бихьизабуна.\nЩуго меседил, цо гӏарцул ва цо мазгарул шапакъатгун нахъруссана гӏолохъаби рокъоре. Россиялъул командаялъе щвараб ичӏго медалалда гьоркьоса анкьгояб босана нилъер республикаялъул гугарухъабаз.\nГугари ва гьелда сверухъ лъугьунебщинаб кӏудияб лъугьа-бахъинлъун кколарин абуни, мекъи букӏинаро. Тӏоцебесеб нухалъ гуро нилъер гӏолохъаби континенталъулаб чемпионаталда чемпионаллъун рахъунел ругел. Амма кин букӏаниги, Дагъистаналъул речӏчӏухъабаз Европаялъул тӏаса рищарал гугарухъабазда гъорлъ бергьун кӏудияб хӏасил бихьизабураб мехалъ, ракӏ бохичӏого хутӏуларо.\nТӏадехун абухъе, бищунго къуватал, цересел къецазда тӏоцересел бакӏал росарал спортсменал ун рукӏана республикаялдаса гьеб турниралде:\n57 кг — Муса Мехтиханов, 61 кг — Заур Угуев, 65 кг — Башир Мухӏамадов, 70 кг — Давид Баев, 74 кг — Тимур Бижоев, 79 кг — Ахӏмад Гӏусманов, 86 кг — Ибрагьим Къадиев, 92 кг — Аманула Хӏажимухӏамадов, 97 кг — Гӏабдурашид Садулаев, 125 кг — Шамил Мусаев.\n«Дун хекко тӏагӏине вачӏарав гьечӏо»\nТурниралъул тӏоцебесеб къоялъ ургуялде рахъана Муса Мехтихановги, Башир Мухӏамадовги, Ахӏмад Гӏусмановги ва командаялъул цевехъан Гӏабдурашид Садулаевги.\n2020 соналдаса нахъе, чанцӏулго нухда цебе хӏетӏе ккун ва визабазул гизма хӏан, санкциязул багьанаби рачун, Гӏабдурашид махӏрум гьавун вукӏана гьел къецаздаса. Анлъго соналъ гьесие рес щвечӏо Европаялъул чемпионаталда жиндирго рагӏи абизе, гьале ахирги исана тӏокӏлъигун бергьун цевехун ана. Бащдаб финалалда гьесде данде вукӏана ракьцояв Ахӏмад Мухӏамаев. 11:1 хӏисабгун гьесдасаги бергьун финалалде ворчӏана.\nНахъисеб къоялъ букӏана чанго соналъ гьесие гьукъун букӏараб финал. Гьесда данде вукӏана Словакиялъул легионер, асатӏинав Батырбек Цакулов.\n14:3 хӏисабгун гьесда тӏад тӏокӏлъиги босун, анлъабилеб нухалъги Европаялъул чемпионлъун вахъана Гӏабдурашид Садулаев.\nГьебго къоялъ жеги кӏигоги меседил шапакъат босана нилъер речӏчӏухъабаз. Чемпионаллъун рахъана 65 кг цӏайиялда Башир Мухӏамадов ва 79 цӏайиялда — Ахӏмад Гӏусманов. Кӏиялго гьел ккола Цӏумада районалдаса.\nТӏисси росулъа Ахӏмад Гӏусмановасда финалалдаги данде вукӏана ракьцояв, районцояв — Хуштадаса легионер Мухӏамадхӏабиб Къадимухӏамадов. Гьале чанго сон буго гьесул Белоруссиялъул командаялъе гӏоло цевевахъунелдаса.\nБигьаяб букӏинчӏо гьеб финал. Кӏиго магӏарулав вукӏана ургуялда къеркьолев. Цонигиясе бокьун букӏинчӏо бергьенлъи кодаса биччазе. Амма икъбал ккана Ахӏмад Гӏусмановасе ва ункъабилеб нухалдаги Европаялъул чемпионасул цӏарги босун пьедесталалде вахана гьев.\n125 кг цӏайиялда Шамил Мусаевасе битӏккечӏо, бащдаб финалалда туркас бахъана гьесул бергьенлъи ва шапакъат щвечӏого хутӏана Дагъистаналъул атлет.\n57 кг цӏайиялъул вакил Муса Мехтихановасдеги кӏудияб хьул букӏун батиялда щаклъи гьечӏо тренеразул. Амма ракьцояв, магӏарулазул легионер Ислам Базаргановасе гьимана икъбал ва месед ана Азербайжаналде.\nГьединаб букӏана турниралъул тӏоцебесеб къо. Гьебго къоялъ финалалде рорчӏана 61 ва 86 кг цӏайиялъул церехъаби Заур Угуев ва Ибрагьим Къадиев. Финалал тӏоритӏана нахъисеб къоялъ.\nОлимпиадаялъулгун Европаялъул чемпион Заур Угуевасе гьел къецал тӏоцереселлъун рукӏинчӏо. Амма Дагъистаналъул гьунар бугев цӏияв речӏчӏухъан Ибрагьим Къадиев тӏоцебесеб нухалъ ворчӏана континенталъул къецазул финалалде ва бергьенлъи кодоса биччачӏо — гьес къезавуна Азербайжаналъул спортсмен Арсений Джиоев.\nЗаур Угуевасда данде финалалде ккана ракьцояв, Армениялъул легионер Залимхан Абакаров. Кӏиабилебги Европаялъул чемпионасул шапакъат дандиясе биччачӏо Заурицаги."}
{"slug": "anishhazul-va-kochiol-kurkbazda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=anishhazul-va-kochiol-kurkbazda", "title": "Анищазул ва кочӏол куркьбазда", "date": "2026-05-05 15:29:08", "categories": ["lit", "obrazovanie", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда Махӏачхъалаялъул Семендер поселокалда бугеб №58 школалда тӏобитӏана санайилаб «Анищазул ва кочӏол куркьбазда» абураб этнофестиваль. Исана гьеб сайгъат гьабун букӏана Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялде. Гьеб къоялъ школалъул азбаралде ва жанахӏалъубе, щибаб кабинет-классалде данделъун букӏанин гьитӏинаб Дагъистанилан абунигицин мекъи букӏинаро.\nКиса-кирего рукӏана мугӏрузул улкаялъул гӏамал-хасияталъулги, маданияталъулги, адабияталъулги бицунел къадал газеталги выставкабиги. Школалъул азбаралъуре лъугьарабго, рагӏизе лъугьана Дагъистаналъул халкъазул миллияб музыкаги ахӏулел кучӏдулги. Гьенибго Дагъистаналъул мустахӏикъав артист, палугьан Асхӏабгӏали Хӏасанов хӏадурлъулев вугоан жиндирго гӏисинал гьунарчагӏигун фестивалалъул гӏахьалчагӏазда цеве вахъине. Школалъул жанахӏалъуб гӏуцӏун букӏана халкъиял махщелазул выставка. Жиндирго цӏулал тӏагӏелалги росун, гьенив гӏахьаллъизе вачӏун вугоан Унсоколоса машгьурав устар Мухӏамадгӏалиги. Гьенибго бугоан школалъул гӏицӏго ясаздаса гӏуцӏараб музыкалияб ансамбльги. Гьез миллиял музыкалиял алатазда рачунел рукӏана Дагъистаналъул халкъазул бакънал. Гьенибго – кьурди-хъатги. Дандеруссиналда гӏахьаллъизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана тахшагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Шаганэ Баймурзаева, управлениялъул отделалъул начальник Зулхӏижат Гӏабдулжалилова, управлениялъул рахьдал мацӏазул куратор Мухӏамад Манапов, шагьаралъул школазул рахьдал мацӏазул учительзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал ва Дагъистаналъул миллияб культураялъул адаб гьабулел цогидал дагъистаниялги.\nФестиваль байбихьана гӏисинал гьунарчагӏи-палугьабазул церерахъиналдаса. Хадуб школалъул данделъабазул залалда байбихьана фестивалалъул аслияб бутӏа. Дагъистаналъул миллияб байрамлъун лъугьараб тадбир гьалбадерида баркана школалъул директор Шамил Гӏалиевас ва тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Муслимат Жамалудиновалъ. Гьез бицана гӏун бачӏунеб гӏелалъе миллиябщиналде рокьи кьеялъул тарбия кинаб даражаялда школалда бугебали. Бихьулеб букӏана гьеб тӏадегӏанаб даражаялда букӏинги. Школалъул учительзабазда, цӏалдохъабазда, гьезул эбел-инсуда байрам баркана чанго соналъ школалъе нухмалъи гьабурай Шаганэ Баймурзаевалъ, Зулхӏижат Идрисовалъ. Дандеруссиналда гьединго гӏахьаллъана шагьаралъул школазул цӏалдохъабиги. Гьез миллиял мацӏазда рикӏкӏана, ахӏана кучӏдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби. Фестивалалъул бищунго тӏагӏамаб бутӏаялъе кӏудияб хӏадурлъи гьабун бугоан школалъул спортзалалда. Гьениб гӏуцӏун букӏана Дагъистаналъул щибаб миллаталъул хаслъи бихьизабулеб миллияб тепси.\nИсана анцӏго сон буго гьеб фестиваль тӏобитӏулеб бугелдаса. Соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго гӏун бачӏунеб гӏелалъул миллияб тарихалде рокьи. Гьеб буго нилъ рохизе ккараб хӏужа. Биччанте №58 школалъул гӏадатлъун лъугьараб гьеб этнофестивалалъ данде гьаризе республикаялъулго цӏалдохъаби ва учительзаби. Биччанте анищазул ва кочӏол куркьбазда гьелъ дунялго тиризе, Дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялъул гӏаламалъеги бицунаго.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "chiahiiyazul-misal-naslabaze-tarbiya", "url": "https://hakikat.info/?nationals=chiahiiyazul-misal-naslabaze-tarbiya", "title": "Чӏахӏиязул мисал — наслабазе тарбия", "date": "2026-05-05 15:34:51", "categories": ["gara", "insan", "lit"], "text": "Жакъа социалиял гьиназ нилъер гӏумруялъулъ ккола аслияб бакӏ. Гьелъул пайдаялъул ялъуни заралалъул гӏемер бицине бегьула. Инсанасул вукӏа-вахъин, хӏалтӏи-пиша бигьалъизаби гуребги, интернеталъ рес кьола гьениса лъикӏаб, пайдаяб, берцинаб, инсанасул рекӏее гӏагарабщиналде рокьи загьир гьабизе, гьелде цогидал ахӏизе, гьелъул бицине ва гьеб бихьизабизе. Рохизе ккараб жо буго гьелдаса пайда босулел гӏадамал, хасго гӏолилал гӏемер рукӏин.\n«Хӏакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана гьединазул цояв — Ражаб Хасбулатов. Социалиял гьиназда миллияб маданияталъул берцинлъи, тарихалъул бечелъи бихьизабулев чи хӏисабалда лъала гьев гӏемерисезда.\n— Ражаб, бокьилаан дуца дурго хӏакъалъулъ бицине. Гьабсагӏат сунде машгъуллъун вугев?\n— Дица бана 21 сон. Дун ккола Гъизилюрт районалъул Бавтугъай росулъа. Амма дир умумул ккола Гелбахъалдаса. Гьабсагӏат гӏумру гьабун вуго Махӏачхъалаялда. Дун ккола юридикияб факультеталъул студент ва социалиял гьиназдасан дица бачуна магӏарулазулги тӏолабго Дагъистаналъулги тарихалъул, маданияталъул бицунеб ва гьеб бихьизабулеб гьумер.\n— Щай хас гьабун гьеб тема тӏаса бищараб?\n— Зигмунд Фрейдица абун буго кинабго бачӏунин лъимерлъиялдасанилан абун. Гьитӏинаб мехалда цӏакъ бокьулаан гаргадизе. Гьединлъидал дица байбихьана батӏи-батӏиял темабазда видеороликал рахъизе. Тӏоцебе гьел диего рекӏелгъеялъе рахъулел рукӏана, хадуб социалиял гьиназдаги лъезе байбихьана.\nДие кидаго бокьулаан нилъер тарихги маданиятги ва гъира букӏана гьелде бугеб рокьиги цогидаздаги бихьизабизе. Дир социалиял гьиназда ругел гьурмал, аслияб къагӏидаялъ, цӏун рукӏана жамгӏияб хӏаракатчилъиялда хурхарал темабаз. Пуланаб къоялъ хӏукму гьабуна дирго профиль бацӏцӏад гьабизе ва гьеб тарихалъулги, маданияталъулги, мацӏалъулги ва гӏамм гьабун миллаталъулго рухӏияб бечелъиялъул бицунел темабаз цӏезабизе. Гьелъ лъикӏаб хӏасилги кьуна ва лъагӏел иналде подписчиказул къадар гӏагарлъана анцӏазаргоялде.\n— Кин ялъуни лъил жигаралдалъун бижараб дулъ гьеб киналдего рокьи?\n— Ватӏаналде бугеб рокьул бицани, захӏмалъила кида ва кин гьеб байбихьарабали мухӏканго абизе. Гьединго рахьдал мацӏалде, маданияталде, тарихалде рокьи лъица бижизабурабали хӏисаб гьабидал, гьеб рахъалъги дида ватичӏо гьавин абун цӏар чӏвазе чи. Амма дие тарбия кьеялъулъ кӏудияб бакӏ ккола дир кӏиябго рахъалдасан кӏудадабазги кӏодоэбелазги.\n12 сон барав чи вукӏана дун, кӏудияв инсуе Гелбахъ росдал хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь битӏун бачӏиндал. Дун цӏакъ машгъуллъана гьеб тӏохьоде, гьениб бицунеб темаялде ва гьоркьоса къотӏичӏого кӏудадае гьелда тӏасан кьолаан суалал. Заманалдасан дир гьеб гъираги рокьиги цохӏо росдалги миллаталъулги тарихалда къокълъичӏо, гьеб тӏибитӏана тӏолабго Дагъистаналъул тарихалде.\n— Кинал тӏахьал цӏализе рокьулел?\n— Японияз абула лъималазе пайдаяб асар гьабизе гӏицӏго рокъоб библиотека бугони гӏолин. Нижер рокъобги гьедин букӏана. Дир хъизамалда киназулго букӏана тӏадегӏанаб лъай, гьеб доб заманалда цӏакъ къадруяб ишлъун рикӏкӏунаан. Гьанжеги щибго хисун гьечӏо. Гьедин, дир эбелалъул рахъалдаса кӏудияй эбел йикӏана филолог. Гьелъул рокъор шкафал цӏун рукӏана тӏахьал. Гьединлъидал дица гьелъул рокъоб гӏемераб заман балаан ва, щиб гьараниги, кӏодоэбелалъ инкарги гьабулароан.\nГьединго инсул рахъалдасан кӏудадацаги гьабуна дие кӏудияб асар. Гьев вукӏана ахихъан (агроном), гьесул ахикь нижеца гӏемераб заман тӏамулаан цадахъ. Хӏалтӏи чӏалгӏунгутӏизе цоцазе харбал рицунаан, дица гьесие гӏемерал суалал кьолаан гӏумруялъул, гъветӏ-хералъул, дунялалъул хӏакъалъулъ. Ниж цоцазда кӏалъалаан кочӏодалъун, лъида цӏикӏкӏун лъалеб бугебали бихьизе. Гьес дие гӏемер бицунаан магӏарулазул халкъияб кӏалзул гьунаралъул ва адабияталъул харбал. Гьедин дида лъана Камалил Баширил пашманаб къисаги, Расул Хӏамзатовасул асаралги ва гӏемераб цогидабги. Гьединго гьес дун гьесизавуна рахьдал мацӏалъул лъай гъварид гьабизе ва гьеб ишалъулъ щибаб бергьенлъиялъухъ 1000 гъурущги кьолаан. Гьесул букӏана магӏарул мацӏалда хъварал, рахъарал тӏахьазул гьитӏинабго библиотека. Гьенир рукӏана динияб литератураги классиказул мажмугӏалги.\n— Ахиралдаги щиб гьарилеб магӏарулазе ва дагъистаниязе?\n— Нилъее киназего Аллагьас тавпикъ кьеги нилъер мацӏги, адабиятги, маданиятги цӏунизе, тарих лъазабизе, гьеб бокьизе ва, нилъехъе гьеб щвараб гӏадин, хадусел наслабазухъеги кьезе. Гьабе «Хӏакъикъаталъе» подписка ва цӏале гьеб.\nНадира Гӏамирханова"}
{"slug": "pih-garzayab-ahlun-bugo-dur-shigiru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=pih-garzayab-ahlun-bugo-dur-shigiru", "title": "Пихъ гьарзаяб ахлъун буго дур шигӏру", "date": "2026-05-06 10:58:14", "categories": ["insan", "kultur", "lit", "obshestvo"], "text": "24 апрелалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъул пагьму-гьунаралъул «Шигӏрабазул гъасда» абураб цӏалдолезулгун дандчӏвай. Унго-унгоги гьеб сверана магӏарул адабияталъул байрамалде. Шагӏиралъул шигӏрияб улкаялде гьоболлъи базе рачӏун рукӏана магӏарул шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, цӏалдохъаби, учительзаби, шагӏиралъул шигӏрабаз жидее асар гьабулел магӏарулал.\nБаян:\nДагъистаналъул халкъияй шагӏир. Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул лауреат. Залму Батирова мустахӏикълъана Дагъистан Республикаялъул бищунго тӏадегӏанаб шапакъаталъе — «За заслуги перед Республикой Дагестан».\nГьединго халкъияй шагӏиралъе щвана «Орден Дружбы народов», «За доблестный труд», И. Бунинил ва А. Пушкинил, Имам Шамилил медалал, «Хъахӏал къункъраби» ва «Слово» премиял.\nТадбир нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор М. И. Мухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана З. Батировалъул гьунаралъул нухазул, гьаб ахираб заманалда къватӏире риччарал тӏахьазул, гьелъие щвараб «Слово» премиялъул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Марина Ахӏмадова ва Залму Батирова ккола гьеб премия щварал тӏоцересел шагӏирзаби-дагъистаниял.\nМ. Ахӏмадовалъ гӏурус мацӏалде буссинабун буго З. Батировалъул «Баху-бика» трагедия. «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъул рахъалдасан шагӏиралда байрам баркана газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас. Гьединго гьес бицана Залмул асараз жиндие гьабулеб асаралъул хӏакъалъулъги, цӏалана гьелъул кечӏги.\nЗ. Батировалъул кучӏдул цӏалана машгьурав шагӏир Шамил Мухӏидиновас, «Дагъистан» басмаханаялъул магӏарул мацӏазда риччалел тӏахьазул редактор, прозаик Гӏайшат Гӏалиевалъ, магӏарул маданият-адабияталде щулиял галабиги лъолаго, рачӏунел ругел, магӏарулазда гьоркьор машгьурал гӏолохъаби Рамазан Халидовас, Махӏмуд Мухӏамадовас, Шамил Зайнулгӏабидовас, Магӏарул театралъул актераз, ИЯЛИялъул фольклоралъул отделалъул хӏалтӏухъан Рашидат Майиндуровалъ, «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ, Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редактор Фатима Мухӏамадовалъ.\nКӏалъазе рахъанщиназул цӏарал рехсезе гьаб гьитӏинабго макъалаялда рес рекъоларо. Киназулго букӏана цохӏо пикру, Залмул асарал наслабазда кӏоченарин, гьекъон къеч хьвалареб гьелъул шигӏрабазул иццухъе унеб нухда хер бижизе гьечӏин абураб.\nХалкъияй шагӏиралъе музыкалияб саламги кьолаго, гьелъул рагӏабазда кучӏдул ахӏана «Кочӏолаб Чӏарада» хоралъ, М.-Тӏ. Синдикъовас, Гӏ. Мухӏамадмирзоевас, А. Гӏумархӏажиевас, С. Камиловас, Къ. Кӏулизановас, Хӏ. Хӏамзаловас, Шамил районалдаса Хӏажи Ахӏмадовас, Хунзахъ районалдаса А. Хӏайбулаевалъ ва М. Гъазимухӏамадовалъ.\nШагӏир Гӏалихӏажи Мухӏамадовас магӏарул щвантӏихалда рачарал бакъназ кӏудияб асар гьабуна байрамалъул гӏахьалчагӏазе. Гьединго Залму Батировалъул кучӏдул рикӏкӏана, цӏалана, ахӏана «Хӏакъикъаталъул» тадбиралъул кидагосел гӏахьалчагӏи, тахшагьаралъул №35 школалъул цӏалдохъабаз ва учительзабаз, №18 ва 41 школазул цӏалдохъабаз, Хунзахъ районалъул Цӏада росдал ясли-ахалъул лъималаз, Хӏариколо росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз бихьизабуна «Баху-Бика» трагедиялдаса бутӏа.\nХӏурматияй Залму Батирова, «Хӏакъикъат» газеталъул божарай гьудул!\nБаркула дуда гьаюраб къо. Дур пагьму-гьунаралъ ракӏ-ракӏалъулаб хъулухъ гьабуна ва гьабулеб буго гӏагараб магӏарул миллаталъе гуребги, Дагъистаналъул тӏолабго халкъалъе. Гьелъул гӏузрабиги ургъелал-рохелалги дураллъунгоги ккун, бицунеб буго дуца дурго асаразулъ гьелъул бечедаб тарихалъулги гӏажаибго берцинал гӏадатал-гӏамалазулги хӏакъалъулъ. Жеги чанги наслабаз гьоболлъи бала, сапарал рухьина дур хӏикматаб шигӏрияб улкаялде.\nСахлъи дуе, халкъияй шагӏир!\nБаркигун ва адабгун «Хӏакъикъат» газеталъул коллектив"}
{"slug": "chempionasul-rakialdeshhveyal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=chempionasul-rakialdeshhveyal", "title": "Чемпионасул ракӏалдещвеял", "date": "2026-05-06 15:05:42", "categories": ["insan", "k-ismatal-ul-kag-tal", "rakialdeshchvej", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "1959 соналъул 1–4 октябрь. Ираналъул тахшагьар Тегераналъул «Соррейя» стадионалда унеб буго эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. СССРалъул тӏаса бищараб командаялда цадахъ гьениб гӏахьаллъи гьабизе вачӏарав гӏолохъанав Гӏали Гӏалиевас ургуялда босула тӏоцебесеб бакӏ ва вахъуна тӏоцебесеб нухалда дунялалъул чемпионлъун. Гьеб букӏана кӏудияб бергьенлъи ва рохел магӏарулазеги тӏолабго Дагъистаналъеги. Гьединго гьеб чемпионаталда хасго Гӏалил бергьенлъиялъ квербакъана СССРалъул командаялъ дунялалда тӏоцебесеб бакӏ кквеялъеги.\nТегераналдаса хадуб нилъер багьадурас батӏи-батӏиял къецазда росана гӏемерал тӏадегӏанал ва хӏурматиял шапакъатал, ва гьев вахъана дунялалъул щуцӏул чемпионлъун. Амма бищунго Гӏали вохараб ва гьесул цӏарги гьунарги дунялалда машгьур гьабураб тадбирлъун ккана 1959 соналда Ираналъул тахшагьаралда тӏобитӏараб чемпионат. Гьелъул хӏакъалъулъ Гӏалица тана 1960 соналда «Гьудуллъи» альманахалда басмаялда рахъарал къокъалго ракӏалдещвеял. Гьенир авторас цӏалулесул гъира ккеледухъ бицун буго Ираналде унаго ва гьениве щваравго жинда бихьа-таралъул, гьеб улкаялъул гӏадамазул гӏумруялъги гӏамал-хасияталъги жиндие гьабураб асаралъул хӏакъалъулъ. Гьай-гьай, гьел ракӏалдещвеязулъ бищунго хӏикматаллъун ккола чемпионат араб куцалъул, гьениб авторасда бихьараб ва гьес хӏехьарабщиналъул хӏакъалъулъ бицунел бакӏал.\nГьелдаса нахъе ана гӏемерал сонал. 1995 соналда Аллагьасул къадаралде щвана нилъер багьадур, дунялалдаго машгьурав гугарухъан, гьайбатав инсан Чӏохъа Гӏали Гӏалиев. Жакъасеб гӏелалда Гӏалил цӏар лъалеб бугониги, амма гьесул гӏумруялъул цӏикӏкӏарасел хӏужабиги лъугьа-бахъиналги гӏемерисезда мухӏканго лъаларо. Гьединлъидал лъикӏаблъун бихьулеб буго Гӏалил ракӏалдещвеял цӏидасан басмаялде рахъизе ва «Хӏакъикъат» газета цӏалулезе рес кьезе гьесул гвангъараб гӏумруялъул цо-цо тӏанчазулгун лъай-хъвай гьабизе ва гьениб хъвараб жоялда тӏад ургъизе.\nАхӏмад Муртазагӏалиев\nВатӏаналъул гӏорхъи бахун къватӏирехун\nДида киданиги ракӏалдаса инаро 1959 сон. Гьеб соналда ккана дун унго-унгояб кӏудияб спорталде гьоркьове, гьеб соналъ щвана дие спорталъулъ тӏоцересел чӏахӏиял бергьенлъаби, гьеб соналъ рес щвана дие къватӏисел пачалихъазде ине, гьезул халкъалъул гӏумру, рукӏа-рахъин, культура бихьизе.\nГьале 1959 соналда, эркенаб гугариялъул рахъалъ СССРалъул чемпионлъун вахъараб мехалъ, дун Совет Союзалъул тӏасабищараб командаялде гьоркьове вачана. Чӏегӏераб ралъдал рагӏалда чанго къоялъул куцаяздаса хадув дун командаялъулъ ракӏчӏун щулалъана. Хехго сапаралде — дунялалъулго чемпионаталде рахъана. Гьеб букӏине кколаан Тегераналда, Ираналъул тахшагьаралда.\nШагьазул улкаялда\nСухумалдаса ниж ана Типлисалде, гьениса Бакуялде. Гьанир нижее кьуна къватӏисел улкабазде ине ихтияр кьолел паспортал, Ираналде иналда рарал цо-цо гӏиси-бикъинал суалал тӏуразаруна ва нухде рахъана. Щвана гӏорхъода бугеб шагьар – Советияб Джулфаялде. Гьедин абула Советиябгун Ираналъул гӏорхъода бугеб гьеб шагьаралда. Аракс гӏуруца кӏийиде бикьула гьеб шагьар. Доб рахъалда бугеб бутӏаялдаги абула Джулфайилан. Амма доб буго Ираналъул Джулфа. Ниж унел руго шагьар цолъизабулеб кьода тӏасан. Кьода буго кӏиго каву. Цояб кавуялда кӏулал рала нилъер пограничниказ, цогиялда — ираналъулаз. Нилъераз кавуги рагьун, ниж уна дозухъе. Цӏан ритӏун чӏана нижеда цере Ираналъул пограничникал. Офицераз нижер паспортазул халгьабуна ва цо-цоккун жидерго рахъалде риччана.\n«Салам, Синявский!» – ан абун рагӏана нижеда ракӏалдаго гьечӏого. Вачӏун Ираналъул офицер бек-бекараб гӏурус мацӏалда гаргадизе лъугьана Киевалдаса гугарухъангун. Ираналъул офицеразда нижерал лъалел ратана Тегераналда цереккун рукӏарал гьудуллъиялъул къецаздаса. Лъалаан гьезда Балавадзе, Схиртладзе ва цогидалги.\nГьале Ираналъул Джулфа: цотӏалаял минаби, чӏедерал къватӏал. Ниж лъикӏ къабул гьаруна гӏадамаз, гьоболлъухъе ахӏана губернаторас. Гьенир цоцазда чанги берци-берцинал рагӏаби абуна. Гьединлъидал нижер тилмач Дедебание гӏезегӏанго букӏана хӏалтӏи.\nНижергун лъай-хъвай гьабулаго, Дедебаница абуна жив Росдал магӏишаталъул министерствоялъул хӏалтӏухъан вугилан. Амма, лъицаялиго кӏиабилеб нухалъ гьикъараб мехалда, довго Дедебаница абуна жив Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан вугилан. Амма Дедебан тӏуванго къватӏив чӏвазавуна Ираналъул офицерзабаз. Гьев вихьаравго, гьез, цӏан ритӏун чӏун, час кколаан. Битӏ кколеб букӏинчӏо нижер тилмачасе. Амма нижее кигӏан дагьабниги батӏалъи букӏинчӏо Дедебан кинаб министерствоялъул хӏалтӏухъан вукӏаниги. Гӏемераб заман бачӏо нижеца Джулфаялда. Поездалъ ниж щвезаруна Тавризалде — Ираналъул Азербайжаналъул тахшагьаралде. Нух букӏана Махӏачхъалаялдаса Буйнакскиялде унаго гӏадаб. Амма гьенир мугӏрул рукӏана гӏицӏал, бакӏ-бакӏазда рихьулел рукӏана язихъалго минаби. Гӏемерал гӏадамал рахъун рукӏана нижеда данде Тавризалда. Щивас жигар бахъулеб букӏана квер бачине. Щивас бегьулеб букӏана блокнот, сигаретазул гъутухъ — ракӏалдещвеялъе щибниги хъвайлан абун. Битӏахъе гьездаса рорчӏизе бакӏ букӏинчӏо.\nШагьаралъул центр. Ниж хӏикмалъун хутӏана: шагьар бакьулъ, битӏахъе къотӏноб, анцӏ-анцӏ руччабаз буго каналазда жаниб ретӏел чурулеб. Гӏемерисел руччабазда ретӏун буго гӏажаибаб жо — чадра, паранжа. Гьеб мехалъ дида ракӏалде бачӏана нилъер гьаниб, Дагъистаналдаги руччабаз бихьиназда гьумер бихьизе толареб букӏараб заман. Дида ракӏалде ккун букӏана дун батӏияб дунялалде, кӏикъого-лъабкъого соналъ цебе букӏараб гӏумруялде рехаравилан. Язихъго руго Ираналъул руччаби, гьез гӏумру гьабулеб буго нусго соналъ цебесеб заманалдаго гӏадин.\nГьале кӏиго Азербайжан — цояб Советияб, социалистияб, цогидаб — Ираналъул, капиталистияб. Гьезда гьоркьоб бугеб кӏудияб батӏалъиха! Цояб гвангъизабун буго социалистияб бакъалъул нуралъ, цогидалда бихьула капиталистияб бецӏлъиялъул зулму.\nШагьаралда, кирехун аниги, лъалаан ниж. Кидаго сверун кколаан гӏадамаз. Щивасул мурад букӏунаан рекӏелъ рекъолеб рагӏи абизе. Гьеб букӏана нилъер Ватӏаналъ тӏоцебесеб нухалъ дунялалъул искусственнияб спутник биччараб, гьелдаса тӏолабго инсаният хӏайранлъараб заман. Ираналъул гӏолохъабазда цӏакъ лъикӏ лъалеб бугоан дунялалъул халкъазул мацӏазда цого къагӏидаялъ рагӏулеб «спутник» абураб рагӏи. Тӏокӏаб абизе жо лъалареб мехалъ, къотӏнор нижеда «спутник», «спутник» абун ахӏулаан.\nРадал рахъана Тегераналде. Рокъор ругеб мехалъго Борис Кулаевас бицун букӏана нижеда Ираналда кинабго жо — автобусалги, самолеталги, летчикалги, хӏатта галстукалгицин американазул ругилан. Хӏакъикъаталдаги, ниж рекӏараб самолет букӏана американазул, летчикал — гьелги рукӏана американал.\nТегераналъул аэродромалда нижеда данде рахъун ругоан гӏемерал гӏадамал — спорталъул организациязул вакилзаби, журналистал, фотографал, шагьаралъул захӏматчагӏи. Добго къагӏидаялъ сверун ккуна гьанжеги — хъвайила ракӏалдещвеялъе щибниги жо. Щибха нижеца гьазие хъвалеб?\nШагьаралъул рагӏалда кьуна нижее гостиница. Амма кьижизе кӏвечӏо. Тӏубараб сордоялъ музыка, гьаркьал рагӏулаан нижеда гъоркь букӏараб рестораналдаса. Америкаялъул солдатазги Ираналъул бечедал гӏадамазги кеп гьабулеб букӏун буго. Кӏиабилеб къоялъ советияб посольствоялъул минабахъ унго-унгояб хӏухьбахъи гьабизе ккана.\n«Соррейя» стадионалда\nАхирги тӏаде щвана къецал байбихьулеб къо — 1959 соналъул 1 октябрь. Тегераналъул «Соррейя» стадионалда буго 11 азарго чи гӏодов чӏолеб бакӏ. Стадионалда лъун буго шагьасул чӏужу Соррейял цӏар. Кутакалда багӏарараб букӏана гьеб къо — рагӏдукь букӏана 35 градус. Гьелда бан, къецал бакъанидаялде рахъана. Гьел тӏоритӏизе кколаан сагӏат щугоялдаса анкьгоялде щвезегӏан ва къаси ичӏгоялдаса цоялде щвезегӏан.\nСагӏат ункъо тӏубараб заман. Чемпионат рагьилалде цебе ясазул хоралъ гугарухъабазул гимн ахӏана. Цинги батӏи-батӏиял улкабазул делегациязул бутӏрул кӏалъана. Байбихьана парад. Гӏадамаз занкӏун цӏураб стадионалъул хъуялъухъе стадионалъул гӏурччинаб майданалда свери гьабуна 18 улкаялдаса бищунго къуватал гугарухъабаз. Гимн бачуна. Къецазул байрахъ борхана. «Гьанже щула кквей!» — йилан абуна дицаго дидаго.\nКиназулго букӏана цо пикру: кӏванагӏан лъикӏ гугаризе. Гьанжелъизегӏан нилъер эркенал гугарухъабазул командаялъе цониги нухалъ бергьенлъи щун букӏинчӏо. Кидаго цере рукӏунаан туркал. Битӏараб буго, Мельбурналда букӏараб Олимпиял хӏаязда дагьалъ хутӏун букӏана нилъер команда турказдаса цебе ккезе.\nКидаго гӏадин, къецал байбихьана бищунго тӏадагьаб цӏайиялъул гугарухъабаз. Дунгун тӏоцеве вахъарав гугарухъан вукӏана грекав Дмитриус. «Нух битӏаги», – янги абун, дун Борис Кулаевас, бигьа гьабун мугъалда кверги тункун, гьоркьове витӏана.\nСудияс гьиштӏеро пуна. Кӏиявго цӏодорго вукӏана — ниж цоцада лъазего лъалароан. Букӏаниги, тӏоцебесеб щуго минуталда жанив дида кӏвана Дмитриус кӏицӏулго гӏодов ккезавизе.\nМикьабилеб минута. Дие цӏакъ бокьула гӏодов ккараб мехалъ, дандиясул тӏогьиса хӏатӏалги къвалакье ккезарун, гьев чохьодаса мугъалде щапизавизе. Гьеле гьеб къагӏида гьабуна дица гьаб нухалъги. Кӏиго нухалъ щапизавуна дица Дмитриус гьединаб къагӏидаялъ. Кӏиабилеб нухалъ гьесул мугъ гӏодоб цуна. Тӏоцебесеб бергьенлъи, гӏицӏго дирго гуребги, тӏолабго командаялъулги.\n— Байбихьи лъикӏаб ккана, — ян абуна Синявскияс. — Воре, гӏолохъаби, къвакӏун чӏезин, Гӏалидаса нахъе ккеларин.\nГьеб къоялъ дун тӏокӏалъ цеве вахъинчӏо. Амма нахъисеб къоялъ дида абуна дун цоги нухалда Дмитриусгун речӏчӏизе кколилан. Вахӏ! Щайдай? Цого чагӏи кӏиабилеб нухалъ цоцалъ речӏчӏизе кколарогури. Гьикъа-бакъана. Гъалатӏ ккун букӏун буго. Секретариаталъ Болгариялъул гугарухъан Димитровасул фамилия Дмитриусилан ахӏун ккун батана.\nКигӏанго захӏмат букӏаниги, дида гьаб нухалъги бергьенлъи босизе кӏвана. Тӏоцебесеб кӏиго бергьенлъи квеш букӏинчӏоан, хадув дун гугаризе кколел спортсменал гӏемерго къуватал рукӏинчӏелани. Дун вахъине кколаан цӏар рагӏарав Ираналъул Ходжастепурида данде. Гьес турказул «Цӏиркъ» абун тӏокӏцӏар бугев Акбасгицин гӏодов лъун вукӏана. Гьесдаса нахъе ккарав вукӏинчӏо туркав Билекиги.\nИранасде данде вахъунаго, дун цӏакъ хӏалакун вукӏана. Дир дандиясе, узухъда, гӏезегӏанго бигьа букӏана. Гьев вукӏана гьадинал чӏахӏиял къецазда гӏемер гӏахьаллъарав, хӏалбихьи бугев гугарухъан. Гьелде тӏадеги, Ходжастепур вукӏана рокъов. Гьесул рахъкколезул стадион цӏун букӏана.\nДир дандияв цеве вахъараб мехалъ, тӏолабго стадион гъугъадизабуна гьиштӏеялъ, кьабулеб хъаталъ, ахӏи-чӏичӏиялъ. Ираналда гугари — гьеб буго бищунго бокьулеб спорт, миллияб спорт. Гугари бугони, гьезие тӏокӏаб спортго къваригӏунаро. Гьеб мехалъ бичӏчӏуларищха кигӏан санагӏат гьечӏеб хӏалалда дун вукӏаравали.\nХоджастепур кин гугарулевали дида лъалароан. Амма абулеб букӏана гьев цӏакъ сабурав ва гьебго заманалда кутакалда тирияв гугарухъан вугилан.\nНиж цоцазде гӏагарлъана. Дун вачӏинахъего тӏаде вортана. Амма мекъи ккана — дандиясда кӏвана дида тӏаде вахъине. Гьесие очко щвана. Цинги дица гьев гӏодов ккезавуна ва, гъежги кьурун, мугъалде сверизавуна. Борохь кинигин кӏичӏардулаан гьев. Гьесул мугъ гӏодоб цучӏого кинго рес букӏинчӏо, амма судияв вуцӏцӏун чӏана. Тӏаде рахъаралго, Ходжастепур гьужум гьабизе вортана. Ралагьулезда ракӏалде ккун букӏана жидерас дун гъоркье ккезавунилан. Гъугъадилеб букӏана стадион. Амма гьебсагӏаталъго сас къотӏана — дозулав дида гъоркье ккана. Лъабго бергьенлъи.\nТуркав Билеки — гьев вукӏана дие хутӏун. Билеки гӏемер гугарана дунялалъул чемпионатазда классикияб къагӏидаялъ. Гьанже гьев гугаризе лъугьун вукӏана эркенаб къагӏидаялъги.\nБайбихьи Билекил цӏакъ чӏамучӏаб букӏана. Ходжастепурги къедал, хӏинкъун вукӏарав лъаларо, дун сваказегӏанги чӏун, цинги тӏаделъизе ракӏалда букӏараб лъаларо. Амма, цо нухалъ дица къагӏида гьабулаго, гьев дагьалъ хутӏана тӏаде ккезе. Гьаб нухалъ кӏиго судияс бергьенлъи дие кьуниги, ахиралда гугари бащад ккараблъун рикӏкӏана.\nХадусеб нухалъ, японияв къезавураб мехалъ, гӏолохъаби дида баркизе лъугьана, дун дунялалъулго чемпион вугилан.\nАмма нахъеги течӏо дун парахат. Ахӏана цоги нухалъ. Гьеб тӏарамагъадисеб нухалъ дун вахъине кколев ватана пакистанияв Ниязиде данде.\n— Командаялъ тӏоцебесеб бакӏ кквей-ккунгутӏи дур гугариялда бараб буго,- ян абуна дида тренераз. Балагьараб мехалъ, СССРалъул ва Турциялъул командабазул гӏага-шагарго бащадаб хӏал букӏана. Амма, гьаб нухалъ дун бергьани, нилъер команда цебе борчӏулаан.\nТӏоцебесеб щуго минуталда жаниб гугари бащад ккана. Пакистанияс жиндирго бохдул цӏунулел рукӏана. Гьединлъидал бохдулъ речӏчӏун жо ккечӏо. Гьеб мехалъ дица хӏукму гьабуна гьев гуккизе. Бохдузде ишанги босун, гьевги тохлъизавун, дица дандияв гъеж ккун тӏасан рехана. Кӏиго очко щвана. Цоги нухалъ гӏодов ккезавуна — цоги очко. Гьел очкаби гӏуна бергьенлъиялъе.\nГьедин вахъана дун дунялалъул чемпионлъун. Битӏараб бицани, тӏадагьлъун бачӏана къаркъалаго. Парахалъана ракӏ. Нилъер командаялъе тӏоцебесеб нухалъ щвана бергьенлъи.\nКутакалда кӏудияб бергьенлъи босана гьединго чемпионлъун вахъарав Киевалдаса Синявскияс. Гьес киналго жиндир дандиял гӏодор лъуна, цоявин абуни хӏинкъун вахъинего вахъинчӏо. Чемпионлъун вахъана гуржияв Схиртладзе. Гьесул ракьцояв Балавадзеца ккуна кӏиабилеб бакӏ. Лъабабилел бакӏал щвана Дзарасовасеги Арсеняниеги. Амма цӏакъго битӏ ккечӏо Кулаевасеги Мушегяниеги.\nБажаричӏеб питна\nЦебеккун абухъе, Ираналда нижеда хасго гӏадатиял гӏадамаз цӏакъ лъикӏаб дандчӏвай гьабуна. Ниж кирехун ракканиги, гьикъа-бакъулаан, нижер мурад тӏубазе жигар бахъулаан. Дида гӏемер гьикъулаан дун бусурбанав гуревищан, парс мацӏ лъаларебищан.\nБукӏаниги, чемпионаталда хӏалихьатаб иш ккечӏого борчӏичӏо. Чемпионатазда гӏадат буго щибаб цӏайиялъул категориялда тӏоцебесеб лъабго бакӏ ккурал гугарухъаби тахиде рахинарулеб ва, гьезул хӏурмат гьабун, щивасул улкаялъул пачалихъияб гимн бачунеб ва медалалги кьолеб. Бакьулъ, бищунго тӏадегӏан вукӏуна тӏоцебесеб бакӏ ккурав, гьесда кваранаб рахъалда — кӏиабилеб бакӏ щварав ва квегӏаб рахъалда — лъабабилеб бакӏ ккурав.\nБакӏаб цӏайиялъул гугарухъабазе медалал кьолаго, Болгариялъул гугарухъан Ахӏмадов вахана бакьулъ бугеб, бищунго борхатаб болъоде. Кваранаб рахъалда вукӏана туркав Гъаплан, квегӏаб рахъалда — нилъер советияв гугарухъан Дзарасов. Ахӏмадовасул хӏурмат гьабун, гимн бачине лъугьарабго, гьев хъващтӏан гъоркье лъугьана, гьесда хадувго ана Дзарасовги. Ниж гӏажаиблъун хутӏана. Щиб ккараб жо? Цинги нижеда лъана — оркестралъ бачун буго басрияб, капиталистияб Болгариялъул гимн, ва гугарухъабиги, жидерго ццидахин загьир гьабун, нахъе рилълъун руго.\nБихьуларищ, халкъияб Болгариялъул гимн лъазабизе гьезие 15 сон гӏун гьечӏеблъи. Амма гьезул гьеб хӏалихьатаб иш мурадалде щвечӏо. Оркестралъ цӏияб, эркенаб Болгариялъул гимн бачине ккана.\nГӏали ГӏАЛИЕВ, 1959 сон"}
{"slug": "kvanarase-gan-gaburase-kvas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kvanarase-gan-gaburase-kvas", "title": "Кванарасе — гьан, гьабурасе — квас", "date": "2026-05-12 12:13:43", "categories": ["magiarukh", "rosdal-magiishat"], "text": "Тӏадаб куцалда, ракӏбацӏцӏадго гьабун хадуб тӏубанго бигьаябин абизе бегьулеб, захӏмат бихьичӏого рахӏат щолеб хӏалтӏи бати щакаб иш буго. Сундулъго буго захӏмалъиги бигьалъиги, моралиябгун материалияб гӏодобецӏай-тӏадецӏай, гӏатӏидалги къваридалги рахъал. Амма бищунго захӏматаб батичӏониги, гьединазул цояблъун рикӏкӏине бегьула вехьасул хӏалтӏи. Щай? Гьеб буго сезоназде бикьичӏого, цоялда хадубго цояб ун тӏубараб лъагӏелалъ тӏубазе кколеб, сордо-къо батӏабахъулареб, гӏодоркъоял-байрамкъоял гьечӏеб, кигӏан гучаб гьури пуниги, кигӏан гьалакаб гӏазу-цӏад баниги гьоркьоб тезе бегьулареб хӏалтӏи.\nЦоги батӏиял ресалги гӏемер рукӏинчӏелъул, советияб заманалда гьеб хӏалтӏи гьабулел чагӏи гӏезегӏан рукӏана, гӏаммал магӏишатазе гӏухьбузул рахъалъ къварилъи букӏинчӏо. Нагагьлъун гьел гӏоларого ругони, заманаялъниги гьеб хӏатӏуде ине гӏадамазда (гьезие гӏемер бокьичӏониги) тӏадаблъун гьабулаан росабазул идарабаз. Амма гьедин бугониги, вехьасе щолеб мухь букӏана мадараб, хасго цоги хӏалтӏухъабазе щолезда дандеккун. Вехьасул хӏалтӏуда гӏемер хъинтӏичӏо цӏияб заманалъул хиса-свериял. Гӏияхъанлъиялъул бигьаяб гуреб хӏалтӏуда гьоркьобги захӏматаблъун ккола ихдал гӏодоблъиялдаса мугӏрузде гӏи гочинаби.\nРеспубликаялъул гӏи-боцӏул магӏишатазда гьабсагӏаталда тӏадбан унеб буго гьелде хӏадурлъиялъул цо бутӏалъун кколеб гӏи къунцӏиялъул кампания. Гьелдаса хадуб гӏи чурула дараби журараб лъелъ, тӏоритӏула батӏи-батӏиял ветеринариял тадбирал ва биччала 20-25 сордо-къоялъул нухлул сапаралде, мугӏрузде. Гъуниб районалъул «Сугъралъ» агрофирма ккола гӏи-боцӏухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда церетӏурал магӏишатазул цояблъун. Исана гьениб къунцӏизе ккола гӏага-шагарго 12 азарго гӏиялъажо. Цӏцӏани ихдал къунцӏуларо, къунцӏизе бегьуларо-къунцӏараб гьеб нухда цӏорола, цӏадуда-города гъоркье ккани, квешго унтула. Цӏакъго керчлъун бугони гьеб, мугъги жибго тун, къунцӏула магӏарухъе щун хадуб. Гӏи къунцӏиялъе агрофирмаялъ гӏуцӏун буго хасаб, гьеб тадбиралъе киналго шартӏал чӏезарун ругеб цех. Жакъа къоялда гьенив хӏалтӏулев вуго анлъго къунцӏарухъан ва гӏагараб заманалда тӏадеги щвезе вуго цоги лъабгояв. Гьелгун руго гьезул кумекчагӏи — гӏиял гьезухъе рачунел гӏолохъаби, квас бакӏарулел ва гьеб къачӏалел хӏалтӏухъаби, дараби гьарулел ветеринарал. Гьаниб рехсечӏого гӏоларо кӏвар бугеб цо гӏаламат — гӏи къунцӏиялъулъ бугеб цо тамашаяб хӏисаб. Абулаан, добго советияб заманалда цо гӏиялъажоялдаса къунцӏараб квасалъ лъагӏелалъ гьеб хьихьулаанин абун. Цадахъго босун тӏолабго магӏишаталъ къунцӏараб квасуцаги тӏуралаан гьелъул гӏемерал масъалаби. Гьединаб букӏана квасул багьа, гьединабго хӏалалда букӏана гӏи-цӏцӏаназул цӏоко-къехьги. Гьаб заманалда цӏоко-къехьалъул рехсезе гӏураб тӏалабго гьечӏо, квасул килоялъул багьаги ккун буго 30- 40 гъурщиде. Бокьа-бокьарас гьабун бажарулеб иш гуро къунцӏарухъанасул хӏалтӏи, гьелъие къваригӏуна щулияб сахлъи, къуват ва лъикӏаб махщел, хӏалбихьи. Цӏакъго лъикӏаб махщелгун хӏалбихьи бугев, «цеветӏурав» къунцӏарухъанас цо къоялъ къунцӏула 100-гӏанасеб гӏиялъажо. Гьоркьохъеб цо чахъуялдаса къунцӏула 2-2.5 кило квасул, гьабсагӏаталда гьелъул бугеб багьаялда рекъон гьеб ккола 80-100 гъурущ. Цо лемаг къунцӏун къунцӏарухъанасе кьола 120 гъурущ, гьесул кумекчагӏазе ва цоги хӏалтӏухъабазе кьолелъулги хӏисаб гьабун гьеб бахуна 250-300 гъурщиде. Тӏад харжлъула 250-300 гъурущ, квасухъ щола 80-100 гъурущ. Гьединаб буго гьанжесеб хӏакъикъат, хӏисаб дандекколареб, магӏна гӏемер бичӏчӏулареб. Амма гьедин бугониги, мугӏрузде гочиналда цебе гӏи къунцӏичӏого гӏоларо, гурони гьеб бизарлъула, унтула, загӏиплъула, гьелда гьан рекӏунаро.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "gielmuyale-kurab-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gielmuyale-kurab-giumru", "title": "Гӏелмуялъе кьураб гӏумру", "date": "2026-05-12 12:28:32", "categories": ["insan", "kultur"], "text": "Гӏезегӏан сонал ана Хӏамзатил Хӏажияв нилъедаса ватӏалъаралдаса. Амма гьанжеги цебеса унаро гьесул гьимараб, баракатаб сипатги, кӏочон толаро рекӏелъе бортулеб дурусаб, цо батӏияб гугьаргун бицунеб букӏараб магӏарул каламги, гӏакъилал, жиндихъ гӏинтӏамурав асир гьавулел камилал пикрабигун насихӏаталги. Кӏудияб даражаялъул инсан ва гӏалимчи жив вукӏаниги, Хӏажиясулъ букӏана гӏажаибаб гӏаданлъиги, инсан хиралъиги, чиясул къимат гьабиги. Магӏарулазул аби буго, вижараб бакӏалда бараб букӏунила инсанасул гӏамал-хасиятилан. Гьединлъидал 1926 соналда Цӏадаса Хӏамзатил кӏудияб хъизамалда гьавурав, гьениб тарбия-лъай щварав, гьитӏинго магӏарул махӏги рухӏги жиндилъ бессарав, хадусеб гӏумруялда кӏуди-кӏудиял, хӏурматиял ва жавабиял хъулухъаздеги цӏараздеги вахарав Хӏажияв батӏияв чилъун лъугьине рес букӏинчӏо.\nАмма хӏурматияб гӏелмияб даражаялде вахиналде цеве, гьес нахъа тана халатаб гӏумруги гӏелмиялгун пачалихъиял хъулухъалги. Батӏи-батӏиял соназда гьев вукӏана СССРалъул Гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мацӏалъул ва адабияталъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, «Багӏараб байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель, Махӏачхъалаялъул телевидениялъул директор, Дагъистан АССРалъул Министрабазул Советалда цебе букӏараб Радиовещаниялъул ва телевидениялъул комитеталъул председатель, культураялъул министр, СССРалъул Гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мацӏалъул ва адабияталъул институталъул директор, Россиялъул Гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул президиумалъул председатель, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул Мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул директор ва гь.ц.\nЖивго Хӏажияс жиндир гӏумруялъул ишлъун кидаго рикӏкӏунаан Дагъистаналъул халкъазул адабияталъул гӏелмияб цӏех-рех гьаби. Хасаб кӏвар кьолаан гӏалимчияс магӏарул адабияталде, гьелъул классикияб бутӏаялде. Гьесул хӏаракаталдалъун, гӏелмиял хӏалтӏабаздалъун Дагъистаналъул адабияб гӏелму бахана тӏолгороссиялъулаб даражаялде. Гьеб лъугьана Северияб Кавказалъул киналго гӏалимзабаз жиндаса мисал босулеб школалъунги.\nБаянаб букӏахъе, цӏакъ гӏолохъанго, цудунго лъугьана Хӏажияв филологияб гӏелмуялде гъорлъе. Ва гьелъие аслияб квербакъилъун лъугьана гьесул гӏумруялъул хасал шартӏал. Цӏадаса Хӏамзатил вас хӏисабалда гьесие жеги гьитӏинго гьуинлъана, хиралъана рахьдал мацӏ, бичӏчӏана къиматги къадруги гӏагараб каламалъул. Ва гьеб, гьитӏинго чорхолъ бессараб асар, гьесулъ хутӏана тӏолабго гӏумруялъ. Филологияб гӏелмуялде тӏамурал тӏоцересел галаби Хӏажиясул рукӏана жиндирго инсул, Цӏадаса Хӏамзатил асаразул редактор, корректор, таржамачи ва мажмугӏал данде гьарурав чи хӏисабалда. Гьес хъвалеб буго: «Дун вукӏана гьес (инсуца. – А.М.) гьабураб назму тӏоцебе гьанжесеб хъвай-хъвагӏаялде бачунев, гӏурус мацӏалде гьелъул магӏна буссинабулев, гьеб батӏи-батӏиял басмаханабазде яги редакциязде нухарегӏулев чи. Дица данде гьарун ва баянал кьун риччарал руго 40-абилел соназдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегӏан магӏарулги гӏурусги мацӏазда рахъарал инсул гӏемерисел асарал».\nЗаман анагӏан камиллъулеб ва бечелъулеб букӏана Хӏажиясул таржамаялъул хӏалбихьи. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьес 1950-абилел соназда магӏарул мацӏалде руссинарурал батӏи-батӏиял асаразги хӏалтӏабазги. Гьезда гьоркьор рукӏана партиялъулгун пачалихъиял документал, Ленинилгун Сталинил, марксизм-ленинизмалъул классиказул хӏалтӏаби, гӏурус ва къватӏисел пачалихъазул хъвадарухъабазул хабариялгун драматургиял асарал. Масала, гьес магӏнавияб таржама гьабуна Цӏадаса Хӏамзатица магӏарул мацӏалде руссинарурал А.С. Пушкинил тӏасарищарал шигӏрабазул. Жинцаго руссинаруна гӏурус драматург Б. Лавреневасул «Америкаялъул гьаракь», М. Лермонтавасул «Кӏиго вац», М. Горькил «Тӏиналда» ва «Херав», П.О. Бомаршел «Гӏадалаб къо, ялъуни Фигарол ригьин», Лопе де Вегал «Фуэнте Овехуна», А.Н. Островскиясул «Хайирияб бакӏ» абурал пьесаби ва чехазул хъвадарухъан Ю. Фучикил «Горбода кӏичӏгун репортаж» абураб ракӏалдещвей.\n1960-абилел соназдаса байбихьун, Хӏажияв загьирлъана рахьдал мацӏалда хъвадарулев публицист хӏисабалдаги. Гьесул макъалабазги басмаялда рахъарал хӏалтӏабазги бечед гьабуна нилъер миллияб публицистика. Гӏагараб калам камилго, гъваридго лъаялъ, гьелъул киналго ресаздаса пайда босизе бажариялъ, гьеб жиндие рухӏгӏан хирияб букӏиналъ, мацӏалъулги, хатӏалъулги, хӏасилалъулги мантӏикъгун магӏнаялъулги рахъалъ Хӏажияс хъварабщинаб жо ккола, кин жакъа нилъер гӏалимзабиги интеллигенцияги рахьдал мацӏалда ургъизеги хъвадаризеги кколелали бихьизабулеб мисаллъунги дарслъунги.\n1970-абилел соназда Хӏажияс гали тӏамуна кӏудияб филологияб гӏелмуялде жанибе. Гьениб тӏоцебесеб, кӏвар бугеб гӏелмияб хӏалтӏилъун лъугьана «Цӏадаса Хӏамзат. Революциялда цебесеб гӏумру ва хъвадарухъанлъи (1877–1917)» абураб тӏехь. Гьеб букӏана авторас жиндир инсул, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил гӏумруялъулги адабияб хӏаракаталъулги цо кӏудияб ва бищунго кӏвар бугеб бутӏаялъул гьабураб гӏелмияб цӏех-рех. Гьелъул хӏакъалъулъ Хӏажияс хъвалеб буго гьадин: «Дир тӏоцебесеб гӏелмияб тӏехь ва тӏоцебесеб диссертация букӏана инсул гӏумруялъулги хъвадарухъанлъиялъулги хӏакъалъулъ хъвараб. Абизе бегьула гьеб тӏехьалъ вачанин дун хӏакъикъаталдаги гӏелмияб дунялалде ва адабияб лъаялъул агьлуялде гъорлъе», – ян.\nГьеб, тӏоцебесеб кӏудияб хӏалтӏудаса хадуб Хӏажияв, гӏалимчи хӏисабалда, тӏуванго машгъуллъана тӏолгодагъистаналъул адабиял масъалаби гъваридго цӏех-рех гьариялда тӏаде. Гьесул пикру буссана Дагъистаналъул халкъазул адабиятазул тарихалде, гьезул типологиял ва хасал суалазде, теориялъулгун методологиял масъалабазде, художествияб адабият бижиялъулъ кӏалзул гьунаралъ кколеб бакӏалде, гӏараб ва бакъбаккул культураялъ Дагъистаналъул халкъазул маданияталъе гьабураб асаралде, гӏурус адабияталъги культураялъги Дагъистаналъул халкъазул гӏумруялъулъ кколеб бакӏалде ва гь.ц.\nГьелги гьездаса кӏвар бугелги суалаз ккуна гӏалимчиясул хадусел хӏалтӏабазулъ аслияб бакӏ. Гьел хӏалтӏабазул цӏаралги, сияхӏги буго кӏудияб. Гьанир гьел киналго рехсон бажариларо, амма аслиял монографиял хӏалтӏабазул цӏарал ракӏалдещвезаризе ккелин ккола. Гьале гьел: «Революциялда цебесеб заманалда Дагъистаналда гӏемермиллияб адабияб система куцай», «Октябралда цебесеб заманалда Дагъистаналъул халкъазул адабият», «Жакъасеб заман ва художествияб ирс», «Къуркьизаби. Бахин. Цӏилъи», «Дагъистан: тарихиябгун адабияб процесс», «Гӏакълудул калейдоскопалда жаниб миллияб художествияб культура», «Цӏилъиялъул дагъистаналъулаб феномен», «Дагъистан: рухӏияб ва художествияб ирс».\nХӏамзатил Хӏажияс жиндир гӏелмиял хӏалтӏабазулъги цӏех-рехазулъги мухӏканго тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул халкъазул, тӏоцебесеб иргаялда магӏарулазул рухӏияб культураялъул азарсонилаб тарих букӏин. Гьелъие батӏи-батӏиял халкъазул адабияталъ, культураялъ, мацӏаз лъалеб асар гьабуниги, гьеб жиндирго ракьалда, Дагъистаналда бижараб ва цебетӏураб букӏин.\nГӏалимчиясул киналго хӏалтӏаби тӏолгодагъистаналъулал масъалабазда тӏасан цӏех-рех гьабурал ругониги, гьезулъ аслияб, кӏвар бугеб бакӏ ккола магӏарул адабияталъулги, культураялъулги, тарихалъулги материалалъ. Гьеб баянаб жоги буго: цогидал миллатазде дандеккун, нилъер маданият гӏемерго бечедабги, некӏсиябги, гӏемергъатабги буго. Гьедин, «Октябралда цебесеб заманалда Дагъистаналъул халкъазул адабият» абураб монографиялда жаниб тӏоцебе бихьизабун буго Инхоса Гӏали-хӏажиясул адабияб гьунаралъул лъай тӏибитӏизабиялъул рахъ, рагӏа-ракьанде щун цӏех-рех гьабун буго Хъахӏабросулъа Махӏмудил романтизмалъул, баян гьабун буго Цӏадаса Хӏамзатил реализмалъул хӏасилги, куцги, поэтикаги.\nГӏемерал соназ гӏалимчи хӏисабалда Хӏажияс цогидал суалазда цадахъ кӏвар кьолеб суаллъун букӏана методология, ай адабияталъул цӏех-рех гьабиялъул гӏелмиял къагӏидабазул нухазул масъала. Гьелги гьел гурел цогидалги суалал рорхараб хӏалтӏилъун ккола «Гӏакълудул калейдоскопалда жаниб миллияб художествияб культура» абураб тӏехь. Гьениб тартибалде бачун, пикру гьабун буго Дагъистаналъул халкъазул гӏасрабазулаб, гӏемергъатаб художествияб хӏалбихьиялъул, гьелдаго гьоркьоб магӏарулазулги. Гӏалимчияс хъвалеб буго: «Дагъистаналъул халкъазул культураялъул тарихалъулъ ругел мухӏканал баяназги асаразги рес кьолеб буго XVII гӏасруялъул ахиралдехун XVIII гӏасруялъул байбихьиялдехун гьаниб эстетикияб пикруялъул хӏакъикъат хӏисабалда хъвавулаб адабият букӏанилан чӏезабизе», – ян.\nРеволюциялда цебесеб заманалда магӏарулазул миллияб адабияталъул мацӏ букӏинчӏилан абураб пикру нахъчӏвалаго, гӏалимчияс гьадин хъвалеб буго: «Революциялда цебесеб магӏарулазул адабияб ирс гӏуцӏараб буго тӏолгохалкъалъулаб мацӏалда, жиб киналго лугъатазулги сверелазулги вакилзабазда бичӏчӏулеб», – ан. Дагъистаналъул культураялъул ва жамгӏияб пикруялъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунаго, тӏохьода рехсон руго Кавказалда гурелги, тӏолабго бусурман Бакъбаккуда машгьурал кӏудиял магӏарул гӏалимзабазул цӏаралги: Харахьиса Тӏайгиб (ХVI), Къудукьа Мусалав (ХVII), Гӏободаса Шагӏбанкъади (ХVII), Мохӏоса Дамадан (ХVII), Хунзахъа Дибир-къади (ХVIII), Гӏаймакиса Абубакар (ХVIII), Кудалиса Хӏасан (ХVIII), Гӏурадаса Ибрагьим (ХVIII) ва ц.\nРоссиялъул филологияб гӏелмуялда жаниб кӏудияб лъугьа-бахъинлъун ккана Хӏажиясул «Цӏилъиялъул дагъистаналъулаб феномен» абураб тӏехь. Гьеб хӏалтӏуе критикаялъ кьуна тӏадегӏанаб къимат. Масала, гӏалимчи Камил Ханмурзаевас: хъвалеб буго: «Руго гӏелмиял хӏалтӏаби, жибго проблема цебе лъеялдалъун, захӏматал философиялгун теориялъулал суалал ричӏчӏизе гӏололъун гьел хъваразул жибго хӏаракаталдалъун кӏваркьеялъеги хӏурматалъеги мустахӏикъал. Академик Хӏамзатил Хӏажиясул монография ккола гьединазда гьоркьоса цояб. Цохӏо гьелъул – «Цӏилъиялъул дагъистаналъулаб феномен» абураб цӏаралъ хӏухьел кквезабула жо лъалев цӏалулесул», – ан.\nАкадемик Хӏамзатил Хӏажиясул адабияб хӏаракаталъги, гӏелмиял хӏалтӏабазги, цӏех-рехазги, тӏахьазги бечед гьабуна магӏарул адабияб гӏелму ва критика, публицистика, батӏи-батӏиял адабиял жанрал: проза, поэзия ва драматургия. Гӏалимчи хӏисабалда гьес кӏудияб бутӏа лъуна миллияб кӏалзул гьунаралъул, лексикографиялъул, лингвистикаялъул ва цогидалъулги цӏех-рехал гьариялъулъ.\nИсана 5 маялда 100 сон тӏубала Россиялъул гӏелмияб академиялъул Северияб Кавказалдаса тӏоцевесев академик, кӏудияв гӏалимчи Хӏамзатил Хӏажияв гьавуралдаса. Гьесул гӏумруги гӏелмияб ирсги абадиялъ хутӏила магӏарул халкъалъул тарихада жаниб.\nАхӏмад Муртазагӏалиев"}
{"slug": "talihiab-shigiruyal-ahiun-rukiana", "url": "https://hakikat.info/?nationals=talihiab-shigiruyal-ahiun-rukiana", "title": "Талихӏаб шигӏруялъ ахӏун рукӏана", "date": "2026-05-13 14:22:07", "categories": ["insan", "kultur", "magiarukh", "tsiiyal-kharbal"], "text": "30 апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукӏана магӏарул шагӏир, публицист, учитель, насихӏатчи Кӏуядаса Мухӏамад Хӏасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде.\nАвар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагӏирзаби ва адабият бокьулел шагӏирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гӏага-божарал.\nДандеруссиналда рикӏкӏана, цӏалана М. Хӏасановасул асарал. Байрамалъул хӏурматиял гьалбадерида гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул аваразул секциялъул нухмалъулев Хӏамзат Гӏизудинов, профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадов, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хӏамзалав Хӏамзалов, Гъуниб районалъул ЦДОялъул жавабияв хӏалтӏухъан, Россиялдаго машгьурав гид Муртазагӏали Мухӏамадов, Шамил районалдаса учитель ва шагӏир Хӏажи Ахӏмадов, нашидал ахӏулев Мухӏамад Гъазимухӏамадов, Мухӏамад Гӏумаров ва цогидал.\nТадбир нухда бачана районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан Гъазимухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана М. Хӏасановасул творчествоялъулаб гӏумруялъул хӏакъалъулъ.\nТадбиралъе гӏуцӏарухъанлъи гьабуна Гъуниб районалъул централияб библиотекаялъул директор Аминат Муртазагӏалиевалъ.\nАхиралда эмен ракӏалде щвезавун тӏобитӏараб тадбиралъул гӏуцӏарухъабазе ва гӏахьаллъарал киназего баркала загьир гьабуна шагӏирасул вас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас.\nАбула шагӏир кколин халкъалъул микрофонилан абун. Амма гьеб микрофоналъул гьаракь, тӏоцебесеб иргаялда, букӏине ккола гӏагараб росдал дандерижилъун. Шагӏирасул гьаракь бищун цебе рагӏизе ккола гӏагарал мугӏрузда, гьезул каранда рарал маржаналлъун рукӏине ккола гьесул кочӏол мухъал. Гьел мухъазги нилъ рачуна вижараб росдал сухъмахъазде. Гьезие сайгъат гьарурал сариналги рагӏазе ккола гӏаламалда. Гьеб рахъ босани, талихӏаб шигӏру буго Мухӏамад Хӏасановасул. Гьесул сариназ беэдулеб буго, росдал парахалъиги цӏунун, гьелде тӏаде балагьун бугеб Кьилимегӏерги, гьел сариназухъе гӏедегӏулеб буго борхатаб Гъунибги, гьезухъ сихӏкъотӏун гӏенеккун буго шагӏирасул гӏумруялъул кинилъун кколеб Кӏуядаги. Гӏагараб росдал годекӏанибе цӏидасанги сапар бухьунеб буго гьесул сариназ, умумузул гӏакъилал гӏумруялъул дарсазухъ цоги нухалда гӏинтӏамизе. Шагӏирасул кучӏдузул аслияб тема ккола — гьитӏинаб Ватӏаналде кӏудияб рокьи. Гьеб рокьиги ккола шагӏир, М. Хӏасановасул микрофоналъул ахӏилъун. Иргадулаб нухалдаги бегулеб буго гьесул тӏехь — Борхатаб Гъунибги, гьениб тӏоцебесеб роржен батарал Расулил хъахӏал къункърабиги, гӏагараб Кӏуядаги, росуцоялги, районги росуги машгьур гьабурал ракьцоялги — гьединаб буго Мухӏамадил шигӏру. Гьесул шигӏрабазул мацӏалдалъун гаргадана байрамалъул гӏахьалчагӏи гьалбадеридаги."}
{"slug": "dur-misal-hutiila-tianusderie", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dur-misal-hutiila-tianusderie", "title": "Дур мисал хутӏила тӏанусдерие…", "date": "2026-05-13 14:34:53", "categories": ["magiarukh", "obshestvo", "shchivgo-kiochon-gechio", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гӏатӏиракьалда — Афгъаналъул бахӏарчиясул цӏаралда турнир\nЛъабабилеб маялда нижеца сапар бухьана Бабаюрт районалда бугеб Хунзахъ районалъул тӏанусдерил хъутаналде. Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго къадаралде щварав, «Багӏараб Цӏва» орденалъул кавалер, Гӏалиханов Шамилил цӏаралда волейболалъул турнир тӏобитӏана гьениб.\nШамилил хӏакъалъулъ нижеца газеталда цебеги чанго нухалда хъван букӏана. Къого сон барав гӏолохъанчи ккана гьев Афгъаналъул цӏа боркьараб рагъул корониве. Ва гьениве щун кӏиго моцӏцин балелде къадаралдеги щвана. Исана 40 сон тӏубала гьев гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса.\nШамил Гӏалихановги ракӏалде щвезавун, Цӏияб Тӏанусиб щибаб соналъ тӏоритӏула волейболалъул къецал. Ковидалъул заманалдаса нахъе гьоркьоб къотӏи ккун, чанго сон ун букӏана гьел гьаричӏелдаса. Ва гьале, исана хӏукму гьабуна гьел цӏигьаризе.\nВолейболалъул удаманал\nТӏанусдерил хъутаналде ниж щвана ихдалил бакъ лъарагӏлъиялда тӏад тӏибитӏизе байбихьараб гӏужалъ. Тӏатӏалаго рарал цӏадаз лъикӏаб регьелги кьун, гӏурччинлъун букӏана сверухълъи.\nХъутаналда нижеда дандчӏвай гьабуна «Знатные люди» СПКялъул нухмалъулев Зиявудин Мухӏамадовас. Унго-унгояв магӏишатчи, гӏуцӏарухъан, гӏи-боцӏиги хирияв, гьезие кӏвахӏ тун хъулухъги гьабулев гьесул хӏакъалъулъ нижеца газеталда цебеги хъван букӏана. Зиявудингун цадахъ щвана гӏиял къавудеги. Кватӏичӏого магӏарухъе, риидалил мучӏдузде сапар бухьиналде, гьенир тӏадран къунцӏарилел ругоан гӏухьби.\nТӏанусдерил СПКялъул, гӏухьбузулгун гьабураб гара-чӏвариялъул ва живго Зиявудинил хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго кьезе буго газеталъул хадусеб номералда. Тадбир байбихьизе заман щолеб бугилан ахӏиги бачӏун, ниж школалде гӏедегӏана.\nЩуго соналъ цебе бараб, жаниб кинабго хӏажатабщинаб къайи-цӏа чӏезабураб школа буго Цӏияб Тӏанусиб. Жакъа гьенив цӏалулев вуго 70-гӏан цӏалдохъан.\nВолейболалъул турнир байбихьана, школалъул азбаралда лъун бугеб Шамил Гӏалихановасул мемориалияб монументалда цере тӏугьдулги лъун. Гьеб хӏурматияб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Тӏануси росдал администрациялъул нухмалъулев Хӏажи Гӏабдулхаликъовас, «Знатные люди» СПКялъул нухмалъулев Зиявудин Мухӏамадовас, Шамилил вац Хӏажимурад Гӏалихановас ва цогидазги, ай тӏанусдерил жамагӏаталъул вакилзабаз.\nСагӏат анцӏила цоялдехун киналго ракӏарана спортзалалде. Турниралда гӏахьаллъи гьабуна: Тӏануси-магӏарухъ, Хъутан, Гъизилюрт ва Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун ругел гӏолохъабаздаса гӏуцӏараб ункъо командаялъ. Цохӏо росдал ункъо батӏияб командаялда гьоркьоб тӏобитӏараб спортивияб тадбиралде тӏоцеве ккана дун гьеб къоялъ ва кӏудияб асар гьабуна гьезул хӏаялъ.\nТурниралда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Гъизилюрталдаса тӏанусдерил командаялъ. Кӏиабилеб, лъабабилеб ва ункъабилеб бакӏал рикьана: хъутаналъул, магӏарухъ росдал ва Махӏачхъалаялъул командабаз.\nКиназего кьуна къиматал шапакъатал, кубокал ва гӏарцул сайгъатал. Тадбиралъул ахиралда киназего баркала кьуна Шамил Гӏалихановасул гьитӏинав вац Хӏажимурадицаги.\nТоргӏоялъухъ «рокьи ккарал»\nТӏанусдерие волейбол буго, Канадаялъе хоккей, Бразилиялъе футбол гӏадин, хирияб спортивияб тайпа. Мисалалъе, жакъа къоялъги бицуна, Бразилиялда щибаб шагьаралъул къватӏ-къоноялда футбол хӏалеб, гьелъул гурони мацӏ лъалареб кидаго гьелде машгъуллъун букӏунеб гӏел бугин абун. Гьелъухъего, кини таралдаса нахъе волейболалъухъ рокьи кколин тӏанусдерил щибаб лъимералъулин бицуна гьезул чагӏаз.\nЖакъа тӏанусдерил гӏолохъаби хӏалел руго республикаялъул тӏасабищараб командаялда, гьединго Москваялъул спортивияб клубалдаги. 1960-абилел соназдаса нахъего гьез гӏахьаллъи гьабичӏел къецалги бергьенлъи босичӏеб гьитӏинабги кӏудиябги турнирги хутӏичӏин абуни, гьереси букӏинаро. Гьедигӏанги хирияб буго тӏанусдерие волейбол. Гьеб цоги нухалда якъинлъана лъабабилеб маялда гьезул хъутаналда букӏараб тадбиралдаса хадубги. Гьениб букӏана унго-унгояб хӏай: гъорлъ жахӏда-хӏусуд, цоцаздехун ракӏхвей гьечӏеб, кӏиябго командаялдаса кинавго чи цоцазе гьимулев ва иргадулаб хӏай лъугӏун хадуб бергьаразда къураз гьеб ракӏ-ракӏалъго баркулеб. Гьединаб ракӏрагьараб, рекӏее лъикӏаб асар гьабулеб хӏал букӏана залалъуб. Гьеб киналдаго хадуб халккун, къеда бараб кӏудияб баннералдаса гьезухъ валагьун вукӏана, Афгъанистаналъул бухӏараб ракьулъ жиндирго гӏолохъанлъиги тун, даимлъиялде арав Шамилги.\nРакӏалдещвеязулъ цӏа бакун тарав\nГьеб къоялъ дир лъай-хъвай ккана Шамилгун цадахъ цӏалулел рукӏарал: кидаго гьединаб лъугьа-рухьиналъулъ гӏагараб росдае кумек гьабулев, хъутаналда цӏияб школа базеги кӏудияб бутӏа лъурав Гъазимухӏамад Мухӏамадовасулгун ва гьеб школалъул директор Абулпазлуева Гӏайшатилгун. Гьелъул кабинеталда нижеца ракӏалде щвезавуна мунагьал чураяв Шамил, гьевгун цадахъ цӏалулел рукӏарал сонал.\nРосулъ школаги лъугӏизабун, Шамил цӏализе лъугьана Каспийскиялъул ПТУялде. Ва гьенисан, 1985 соналъул октябралда, ахӏула армиялде. Анлъго моцӏидасан учебкаялдаса хадув витӏула Афгъанистаналде. Минометчиказул взводалда цадахъ рагъулаб тӏадкъай тӏубазабизе арав чи къадаралде щола. Гьединаб ккана Шамилил гӏумрудул ахир. Исана декабралда гьев гьавуралдаса тӏубала 60 сон. Гьаб ихдал 40 сон тӏубала гьев гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса. Амма росуцоязе гьев хутӏила 60 сон барав гӏолохъанчилъун, Ватӏаналъул тӏадаб борч тӏубазе жиндирго бахӏарчилъиялда барахщичӏев, умумузул мисалалъе ритӏухъав васлъун. Жакъа гьесул цӏар лъун буго Хӏажимурадил васасда.\nМахӏачхъалаялдаса нижги рачун, эменгун цадахъ машина бачунев вукӏана гьев довеги нахъеги. Жакъа Шамил ккола жубараб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ Россиялъул чемпион. Анлъго сон баралдаса нахъе гьелъие ругьун гьавулев вуго гьев. Цӏар лъурасда релълъарав, гьесулго тӏабигӏат-гӏамал чорхолъ бессарав гӏолохъанчи вугин тана дица Шамил.\nГьединаб букӏана Цӏияб Тӏанусибе гьабураб нижер сапар. Рекӏее гӏуна кинабго. Гӏатӏиракьалда ругониги, росдал тӏабгӏги ккурал, гьобол-гьудулги хириял, ракӏ аваданго дандчӏвайги гьабулел чагӏи руго хъутаналда гӏумру гьабун ругел тӏанус. Гьеб гьез загьир гьабуна кинабго рахъалдасан. Гьарзаго букӏана гьалбадерие хӏадурараб квен-тӏехги, аваданаб букӏана бицунеб хабарги, цоцазе гьабулеб махсараги. Гьелъ рекӏее гьабураб лазатаб асаралда гъоркь къватӏире рахъана ниж тӏанусдерил хъутаналдаса. Хадуб балагьун тана гӏатӏидал мучӏдузул ва рагӏа-ракьан бихьулареб гӏатӏилъиялъул лъарагӏлъи.\nАшахан Юсупов, Цӏияб Тӏануси-Махӏачхъала\nАвторасул суратал"}
{"slug": "czioralde-chabhen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czioralde-chabhen", "title": "Цӏоралде «чабхъен»", "date": "2026-05-13 14:41:54", "categories": ["insan", "kultur", "proishestvie", "rakialdeshchvej"], "text": "Исана дица дирго отпуск Цӏоралда тӏобитӏана. Профсоюзалдса путевка тӏалаб гьабичӏо, вахун машинаялдегун Цӏоралде хазабуна. Мурад цо букӏана – халкъалъул кӏалухъ гьедигӏан цӏакъ рехсолеб, кици-биценалъулъ гӏемераб, некӏсиял сариназулъ гьарзаяб Цӏор дирго берда бихьизе ва гьелъул гӏадамазул къан квер бачине. Щиб ракь Цӏор ва щал гьелъул гӏадамалали лъазе.\nОрджоникидзе шагьарги нахъа тун, цӏар рагӏараб Рагъул-гуржи нухги къотӏун, нижеца регана Кавказалъул кӏудиял мугӏрузул сиртал ва кватӏичӏого Грузиялъул гьайбатаб тахшагьаралде щвана. Кӏиго-лъабго сордо-къо гьенибги бан, нижерго церегосел гьалбадерица ниж нухарегӏана бечедаб гьайбатаб Кӏахетиялде, Алазаналъул гьарзаял расалъабазде.\nАбизе бегьула Цӏоралъулгун нижер тӏоцебесеб лъай-хъвай Цинандалиялда бугеб гуржиязул машгьурав поэт, князь Александр Чавчавадзел некӏсияб имениялда кканилан. Имениялда чӏахӏиял гъутӏбузул рагӏдукь эхетарал бечедал кӏалгӏабахъ гӏуцӏун бугоан гӏадамал хӏайран гьарулеб музей.\nГьеб музеялъул гӏелмияй хӏалтӏухъаналъ регана нижее нилъер мугӏрузул улкаялъулгун гуржиязул рукӏарал некӏсиял хурхеназулги тарихалъулги гӏажаибал тӏанчал. Чанги гьунар тӏокӏал ва лебалал гӏадамал рещтӏарал рукъзал ругоан гьенир. Пушкиница гьоболлъи барал, Грибоедовасул ракӏ жанибе цӏарал Чавчавадзел минабаз гӏемераб жоялъе нугӏлъи цӏунун бугоан.\nИмениялъул хважаинасул цӏар араб меседил хвалчадул хӏакъалъулъ музеялъул хӏалтӏухъабаз бицен гьабураб мехалъ нижеца гьикъана:\n— Бегьиларищ цо гьеб хвалчада бер речӏчӏизабизе?\nГьимизеги гьимун, цо гӏаданалъ нижеда абуна:\n— Цо нухалъ чабхъад рачӏарал «лекӏияз» (магӏарулаз) хъамун ун буго гьеб.\n«Лекӏиязул» наслуялъул чагӏи ругоха нижги, амма нижеда гьеб хвалчен Дагъистаналда бихьичӏилан гьабураб нижер махсараялъе гьез ракӏ-ракӏалъулго релъиялдалъун жаваб гьабуна. Цинги рачун къадада бараб цо кӏудияб сураталда цере эхетизаруна. Сураталда бихьизабун бугоан, лебалал чуяздаги рекӏун, кьолода цере ккун гуржиязул ясалги хъамун, пири гӏадин нух босун унел магӏарулазул чабхъен.\n— Гьале гьадин хъамун ун рукӏана Шамилил муридзабаз гьал кӏалгӏабахъа Чавчавадзелги Орбелианилги хъизамал.\nРакӏалде рачӏана Веденор Шамилил кверщаликь чанго моцӏ барал гьел мунагь гьечӏел асиралги, нахъа имамасул хӏакъалъулъ гьез рицарал харбазул тӏанчалги. Шамилил муридзабаз гьел асир гьариялъе сабабги букӏун буго, цевего Ахӏулгохӏалда аманаталъе гӏурусазухъе кьун вукӏарав вас Жамалудин, гьезухъ хисунниги нахъе щвелародаян имамасул букӏараб хьул. Ккезеги гьедин ккана. Гуржиязул цӏар рагӏарал княгинаби жидерго рокъоре тӏадруссана, Шамилил гӏолохъанчи гӏурав вас Жамалудинги Петербургги рехун тун магӏарухъе вачӏана.\nТарихалъ ракӏалде щвезарурал пикрабигун, ниж ана Гуржаани абулеб цӏолболги чагъиралъулги магӏданлъун кколеб, гьитӏинабго бугониги, гӏажаибго берцинаб шагьаралде. Лъабго тӏала ракьулъе бугеб бечедаб чогърол заводалъул цехалда аза-азар литр жанибе гьунел дадазда жанисан ччун бахъун, жакъасеб гьудуллъиялъулги вацлъиялъулги рахъалдасан цо-цо лълъарги борхун, Гуржистаналъулги Дагъистаналъулги мугӏрузул тӏокӏкӏарал лъинал гъорлъ росараб, тарихиял лъугьа-бахъиназул абадияб нугӏ Алазань гӏорги къотӏун, ракӏ лъикӏал гьалбадерица ниж Къварелиялде тӏоритӏана.\nКъварели бугоан гуржиязул югалъул бакъбаккуда Азербайжаналъулгун гӏорхъоде гӏагараб цо районалъул центр, гьава-бакъ рекъараб, гьанжесеб къагӏидаялда берцинго къачӏараб гьитӏинабго шагьар.\nГьениб буго Гуржистаналъул кӏудияв хъвадарухъан ва жамгӏияв хӏаракатчи Илья Чавчавадзел рукъ-музей. Цоги нижеда гьениб батана, гӏажаибго бечедаб ва учузаб, гьелдаго цадахъ бичулел гӏемераб, босулел дагьаб базар. Хадубги, гьенир аскӏорго цун мугӏруздегӏан къараб бакӏалда рагӏула магӏарулазул чанго росаби. Дагъистаналъулгун гӏурхъи цояб гьеб районалдаса Бежтӏе щвезе ккани, цо чуги бащдаб къоги гӏолилан бицана нижеда.\nГьале ниж Закаталаян абулеб, магӏарулазда жаниб Чӏар абун цӏар батараб, нижерго сапаралъул аслияб мурадлъун бугеб районалда.\nЗакаталаялда цониги вукӏинчӏо я дун лъалев, я дида лъалев чи. «Лъихъе инев, щивгун кӏалъалев, кив рещтӏинев?» — абурал суалазги букӏана дагьаб рахӏатхвезабун. Амма, гьаниве щвараб мехалъ, гьеб ургъалил гъуни цинтӏаго тӏаса рехун ана. Тӏоцеве нижгун дандчӏварав Сиражудин абулев гьалмагъ ватана гъорлъ восарав, аваданав ва гьелдаго цадахъ хӏалтӏуда тӏад вигъарав магӏарулав – шагьаралдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб Макӏув абулеб чанго росдадасан данде кӏутӏараб магӏарулазул кӏудияб колхозалъул председатель. Колхозалде щведал, нижеда сверухъ бакӏарана гӏисиналги чӏахӏиялги магӏарулазул руккел. Дагъистаналдаса рачӏарал нижгун гьикъа-бакъарулел ва гара-чӏварулел гьезул рохалиеги разилъиялъеги гӏурхъиго гьечӏилан кколаан.\nДида цебего рагӏун букӏана Цӏоралъул ракьалда гӏемерал магӏарулал ругилан. Амма гьезул хӏакъалъулъ дир пикру цӏакъ мукъсанаб букӏун буго. Ракӏалде кколаан, аслуялдасанго жидер рачӏин магӏарулаздаса батаниги, гӏемераб мехалъ Дагъистаналдаса ратӏатӏун рукӏиналдалъун унго-унголъун магӏарулазда релълъараб жо гьезулъ дагьго гурони хутӏун батиларилан.\nДун кутакалда мекъса ккун ватана ва гьедин ватиялдаса гӏажибго вохизеги вохана. Битӏун бицани, цо хасаб магӏнаялда, унго-унгоял магӏарулал гъора ругиланцин ккана ракӏалде.\nЗакаталаялда нижеца бана кӏиго анкьгӏан заман. Нижеда дандчӏвана гӏемерал батӏи-батӏиял гӏадамал. Ниж щвана гӏемерал магӏарул росабалъе — Чӏарихъе, Лъебелобаялде, Кӏатӏехире, Мецӏихире, Даначиялде, Къабахъчеялде ва гь.ц. Нижеда бицана гӏицӏго Закаталаялъулги Белоканалъулги — кӏиябго районалда 45 азариде гӏунтӏун магӏарул халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро.\nМагӏишаталъул рахъалъ Цӏоралъул магӏарулазул иш цӏакъ лъикӏ буго. Гьенир руго бечедал, гучал колхозал. Гьезулги руго гӏажаибго берцинабги гьайбатабги тӏабигӏаталъул цӏурал ракьал. Алазаналъул цӏанбитӏараб расалъиги Чӏарихъан байбихьун зодихъе эхетарал мугӏрулги тӏуран рацун руго даимго гӏурччинаб гъветӏ-рохьалъ, ахаз ва пастӏабаз. Колхозалъул магӏишаталда аслияб бакӏ кколеб буго ахихъанлъиялъ ва техникиял культурабаз, цо-цо магӏишатазда — гӏи-боцӏухъанлъиялъ. Гьенир руго балагьун бер щоларел цӏулакьодул ва миккил рохьал, чайдул ва гӏинтӏидул тӏогьол плантациял, генул ва гӏечул ахал, гьединго тушгӏиял чӏахӏиял рехъаби ва ганщазул рехьедал.\nКолхозазе бажарун нухмалъи гьабулеб буго тӏадегӏанаб лъай бугел, гьунар тӏокӏал магӏарул специалистаз.\nРукӏа-рахъиналъул рахъ босани, Цӏоралъул магӏарулазул кӏудияб культура ва рацӏцӏа-ракъалъи буго. Гӏадамал жанир чӏолел минаби гӏемерисел кӏитӏалаял руго.\nГьездаса 50-гӏан метралъ рикӏкӏад руго бокьал. Киналниги минаби руго ганчӏил гьарурал ва тӏад щегӏ ккурал. Жиб-жиб азбаралъуб буго чвахун унеб тӏокӏкӏараб мугӏрузул лъим, гьезда сверухъ руго чӏахӏиял ахил участкаби. Гӏемерисезул рокъор руго радиоприемникал, патефонал, телевизорал. Гьел балагьула Москваялъухъ, Бакуялъухъ, Типлисалъухъ ва Ереваналъухъ. Хъизамалги гьезул нилъер гьаниралдаса чӏахӏиял руго. Гӏемерисезул лъимал щугоялдаса дагь гьечӏо, гӏемер руго микьго-ичӏго лъимер бугелги. Дицаго кӏварбуссинабураб жо ккола, Шамилил цӏар лъурал лъимал рукъ-рукъалъур ратулел рукӏин. Гьебги жидерго тарихалде бугеб адаб-хӏурматалъул гӏаламатлъун тана нижеца. Букӏаниги, бищун тамашалъун бихьараб жо ккана 45 азарго магӏарулав мугӏрул регун гъоркьехун рати. Гьал кин гьанире ккарал? Чияр улкаги гурелъул, квер гӏунтӏулареб рикӏкӏалъудаги гьечӏелъул, щай нижеда гьазул хӏакъалъулъ гьадигӏан дагь гурони лъалеб букӏинчӏеб?\nУзухъда, кисаниги рачӏун ва хӏалица рачун ккарал чагӏи гуро гьал гьанире. Гьал руго анкьумумузулъанго жидерго рукӏарал ракьазда. Палхӏасил, анкьабилеб гӏасруялдаса нахъениги гьалго ракьазда гьал гӏадамал рукӏиналъе тарихияб гӏелмуялъ ишкал тун нугӏлъи гьабулеб буго.\nГьединлъидалги батизе ккола, дир рекӏее хӏаталдаса ун асар гьабураб жо ккана, гьезда жидерго магӏарул мацӏги магӏарул гӏадатги цӏунизе кӏун букӏин. Цӏали ва хъвай-хъвагӏай гьениб азербайжан мацӏалда гурони гьечӏо, школалда предмет хӏисабалдацин авар мацӏги малъулеб гьечӏо, рахьдал мацӏалда газета, тӏехь, радио гьаниб гьечӏо, амма рокъобги къватӏибги бицунеб жо магӏарул мацӏ буго.\nДунго цӏакъ санагӏат гьечӏого лъугьана, школалде хьвадулел дир лъималаздаса лъикӏ авар мацӏ бицунел гӏисинал лъимал гьенир ратараб мехалда. Гьобол-гьудул хиралъи ва лъималаз эбел-инсул ва цӏикӏкӏаразул хӏурмат гьаби гьениб кьури гьечӏеб закон буго аваразул халкъияб творчествоялдехунги музыкаялдехунги гьезул бугеб рокьиялда битӏахъе урхъизе бачӏуна. Магӏарулазул тарихалъул тӏанчал, хасго Шамилил ва Хӏажимурадил бахӏарчиял рагъазда хурхарал къисабигун кучӏдул гьезул жив-живасул рокъорги рекӏелъги кӏудияб къадруялда цӏунун руго. Ункъойилъе вахарав Чӏарихъа Ражабица нижее рекӏехъ цӏаларал некӏсиял кучӏдуз ниж асир гьаруна ва колхозалъул председатель Ибрагьимил чӏужу Хӏуриял кӏалдисан аваданго чвахун унел халкъиял кочӏол бакъназ ниж хӏайран гьаруна. Чанго жо ракӏалде щвезабуна нижеда кӏиябго бер бецав Ахӏмадица чагъанаялда рачунел гьайбатал бакъназ ва имамасул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунел Камилил хӏасратал харбаз.\nГьеб кинабго бихьараб мехалда, ракӏалде ккана гьедигӏан жидерго умумузул мацӏги, литератураги, тарихги хириял гӏадамал жидерго мацӏалда школа, хъвай-хъвагӏай гьечӏого хутӏизе гӏайиб гурищилан. Гьеб киналдехунго Цӏоралъул магӏарулазул бугеб рокьиялъе нугӏлъун чӏоларищ гьениб аза-азар гӏадамаз нилъер «Багӏараб байрахъ» газетаги, «Гьудуллъи» альманахги, «Магӏарулай» журналги, «Советияб Дагъистан» журналги хъван букӏин, щибаб къоялъ Махӏачхъалаялдаса кьолел радиоялъул харбазухъги кучӏдузухъги гӏенеккизе гьез жигар бахъулеб букӏин?\nДица дидаго цадахъ босун букӏана магнитофон ва магӏарул бищунго лъикӏалилан рикӏкӏунел кучӏдулгун макънал хъварал лентабиги. Нижеца гьеб хӏалтӏизе биччараб мехалъ, бакӏ-бакӏалдаса, рукъ-рукъалъуса, къватӏ-къватӏалъуса рачӏун, магӏарулазул кӏудиял руккелал гӏолаан. Тамашалъи гьечӏищ, щиб кочӏол гьаракь бахъаниги, гьебсагӏат гӏадамазул шуш бахъунаан, гьаб Муил буго, гьай Манаша йиго, гьаб цояб Сайгидсалимил буго абун. Гьез гьарулаан, цо Шамилилаб биччай, Хизроевалда ахӏизабеян, Сидратил гьечӏищан. Гьеб жо жидерго халкъалъул музыкаялде бугеб рокьи гурищха?\nГьеб киналъухъго балагьун пикру гьабидал, гӏажаибго хадур гӏунтӏизе кӏолареб ишлъун бихьула нилъер Дагъистаналдаги, школазул программабазда жаниб рахьдал мацӏазеги литературабазеги соналдаса соналде нух къварид гьабулеб бугеб республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул хӏалтӏи. Росабалъ рахьдал мацӏ ва литература предмет хӏисабалда хутӏун батаниги (бицанихъе гьебги киса-кибго бугеб жо рагӏуларо), шагьараздайин абуни, лъималазда гьеб малъизе бокьарал эбел-эмен чара къосараб хӏалалде кколел руго…\nКъваригӏелалъ дихъе вачӏарав Хунзахъ районалдаса цо мугӏалимасда дица итни къоялъ вачӏаян абидал, гьес гьикъана, гьеб щиб къо кколебан – вторникищ, понедельникищ абун. Тӏокӏаб рагӏи нилъее щай. Аза-азар соназда жаниб тӏубарал халкъазул жанги, ракӏги, гӏакълуги тӏад кьун гӏуцӏарал ва камиллъарал рахьдал мацӏал ккола къимат кьун хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб хазина ва гьездехун гӏамал кӏудияб бербалагьи гьабулел чагӏазда лъолеб цӏарго щиб кколеб?\nЗакаталаялъул ва Белоканалъул магӏарулазул мацӏ ккола магӏарул мацӏалъул хасаб диалектлъун. Цӏехараб мехалъ, гьеб диалект гӏелмияб рахъалъан цӏех-рех гьабун лъазабулел чагӏиги дида ратичӏо. Гьебги цо тамаша гьабизе ккараб жо буго, нилъер гьаниб мацӏазул гӏелмабазул вакилзабазул гьарзалъиялъухъ балагьараб мехалъ.\nБугониги, ракӏ бохизабулеб жолъун буго ахирал соназда Цӏоралъул магӏарулазулгун Дагъистаналъул хурхен цӏикӏкӏунеб ва щулалъулеб букӏин. Гьенире чанго нухалъ щун руго Авар театралъул коллектив, филармониялъул ва радиоялъул артистал, «Багӏараб байрахъалъул» хӏалтӏухъаби. Дагъистаналдаса гьалбадеридехун гъораса магӏарулаз гьабулеб ракӏ батараб, берцинаб, рохараб балагьиялъ нилъеда тӏадаблъун гьабула гьеб хурхен жеги цӏикӏкӏун щула гьабизе. Хасго гьез лъазабуна, жидее бокьун бугила магӏарул хъвадарухъаби рихьизе ва гьезухъ гӏенеккизеян абун.\nЧанги бакӏалде щвана ниж гьеб сапаралъ. Кидаго кӏочон толареб дандчӏвай ккана Мецӏихиса Асхӏаб-Гӏумарилгун, Чӏарихъа Ибрагьимилгун, Тӏагьирилгун ва Жамалудинилгун, Лъебалобаялдаса Сиражудинилгун, Ахӏмадилгун ва Махӏмудилгун, Белоканалъулги Закаталаялъулги райисполкомазул председательзаби Калаевасулгун ва Ялиевасулгун.\nГьез нухарегӏана ниж гьениса унагоги. Нижгун цадахь гьел рилълъана Кӏахалъулги Нухаялъулги районазул гӏорхъода, шагьаралдаса 2-3 километралъул манзилалда хьибилалдехун бугеб хӏалбохаяв Хӏажимурадил хабаде швезеги. Кин ва циб заманалда хваравали бицун хъвай-хъвагӏай гьабураб мармаралъул хъарщиги тӏад рекъезабун, цӏар рагӏарав Шамилил наибасул къаданиб чӏвараб зани бугоан умумузул тарихалъул къадру цӏунарал гӏадамаз чанги зияратал гьарулеб бакӏльун.\nГьениб къо-лъикӏги гьабун, бихьараб-лъарабщиналъ рекӏее гьарурал асараз кодорги росун, нухда рахъарал ниж нахъисеб къоялъ Махӏачхъалаялде щвана. Льикӏаб бакӏ буго Цӏоральул ракь. Дагьалги лъикӏал руго гӏумру кьун рохаял гьелъул гӏадамалги. А, магӏарулал, цо-цо гьезухъе щвезе. Нужер ракӏ бухӏиларо.\nХӏамзатил Хӏажияв 1967 с."}
{"slug": "soldatasda-czadah-soldatlun-generalasda-czadah-generallun", "url": "https://hakikat.info/?nationals=soldatasda-czadah-soldatlun-generalasda-czadah-generallun", "title": "Солдатасда цадахъ солдатлъун, генераласда цадахъ генераллъун", "date": "2026-05-13 14:50:57", "categories": ["insan", "obshestvo", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "«Солдатасдаса бахъараб генерал-полковникасде щвезегӏан, курсантлъиялдаса рагъулав начальникасде щвезегӏан нух нахъа тана Гӏурада росулъа вас Мухӏамад Танкаевас», — абун хъван буго генералзаби В. Турчиноца ва М. Борисовас.\nРагъулал нухазда дандчӏварал захӏмалъабазул, советиял рагъухъабазул бахӏарчилъиялъул бицун Танкаевас хъвана «Рагъулаго церехун» абураб тӏехь. Гьелда Мухӏамадица бицунеб буго рагъул заманалда живго щварал шагьаразул ва росабазул хӏакъалъулъ. Хъван буго советияб халкъалъ фашистазулаб Германиялдаса гӏагараб улка кин цӏунарабали ва Ватӏан бокьизе кколеб куцалъул хӏакъалъулъ. Гӏатӏидго бицун буго живго бетӏерлъиялда вукӏараб нусабилеб дивизиялъул рагъулаб нухлул. Гьеб дивизиялъ эркен гьабуна 1500 шагьар ва росу. Ракӏалдаса унереблъун букӏанилан хъвалеб буго гьес Освенцим лагерь хвасар гьаби. Ракӏ гъанцӏизабулеб вахӏшилъи бихьана гьениб советиял рагъухъабазда. Хвасар гьаруна Европаялъул улкабаздаса гӏемерал асирал. Гьединго, тӏехьалда бихьизабулеб буго Ватӏан цӏунулездехун гьанжесеб гӏелалъул букӏине кколеб адаб-хӏурмат, гьезул къадру цӏунизе ва къимат гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ.\n«Генерал Танкаев» абураб телеочеркалда бихьизабулеб буго генерал, Дагъистаналъул чӏухӏи, СССРалдаго машгьурав ва Европаялъул пачалихъазда «Чӏегӏерав генерал», «Мугӏрузул цӏум» абурал цӏаразда гъоркь машгьурлъун вукӏарав рагъул цевехъанасул хӏакъалъулъ.\n«Генераласул ракӏалдещвеял» абураб очеркалда Д. Труновас бицунеб буго Танкаевасул гӏамал-хасияталъулги. «Рагъал унел рукӏана Смоленскиялдаса гъоркьехун. Бахъизе кколаан гӏор. Танкаевас буюрухъ кьуна лъедон гӏурул доб рахъалде рахине. Взводалъул гӏолохъанав лейтенантасда лъалароан лъим ххазе. Солдатазда хӏал лъазе течӏого, Мухӏамадица цо басрияб гьоралдаса хъарщи бахъана ва гьелъул кумекалдалъун гӏор бахана.\nБан букӏана гӏазу. Хӏалтӏизаризе кколаан лыжаби. Амма Танкаевасда лыжабазда хъещтӏезе лъалароан. Рагъдаса эркенал минутаз гьев ругьунлъана хъещтӏезеги.\nГьаваялъулаб десанталъул армиялъе нухмалъулаго кӏанцӏизе кколаан парашюталъ. Солдатазе ва командирзабазе мисаллъун вукӏине ккани, лъикӏ лъазе кколаан парашюталъ кӏанцӏизе. Нусго нухалъ парашюталъ кӏанцӏиялъул гӏаламат бан букӏана Танкаевасул каранда, дунгун дандчӏвараб 60-абилел соназда».\n1945 соналда Танкаев витӏана рагъулаб академиялде цӏализе. Гьениве унелъул, гьесул цӏайи букӏана 82 килограмм, академия лъугӏидал, хутӏун батана 62 килограмм. Меседил медалалда цӏали лъугӏидал, гьев витӏула гьаваялъулаб десанталъул командующийлъун. Амма Мухӏамад чӏечӏо гьеб цӏалиялда гӏей гьабун, Генералияб штабалъул академияги лъугӏизабуна меседил медалалда. Хадуб гьес хъулухъ гьабуна Одессаялъул ва Белоруссиялъул рагъулал округазда, Германиялда.\nРакӏбацӏцӏадаб рагъулаб хъулухъалъе гӏоло Танкаев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе: гьесул каранда бана ункъо Захӏматалъул Багӏараб байрахъ орден, Ватӏаналъул рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орден, Октябралъул революциялъул орден, Багӏараб цӏва орден. Тӏадегӏанал шапакъатал гьесие кьуна Польшаялъ, Болгариялъ, ГДРалъ. Гьев вукӏана КПССалъул 24-абилеб съездалъул делегатлъун, СССРалъул ва ДАССРалъул Верховный Советазул депутатлъун.\n1973 соналда Танкаев тӏамуна СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул цӏалул бетӏераб рагъул управлениялъул начальниклъун, гьединго Варшаваялъулаб къотӏи-къаялъул бетӏерав командующийлъун. 1978 соналда гьес нухмалъи гьабулеб букӏана СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб институталъе. Гьеб институталда цӏалулев вукӏана 26 Совет Союзалъул Бахӏарчи. Гьенир хӏалтӏулел рукӏана батӏи-батӏиял гӏелмабазул 120 кандидат ва доктор, 62 профессоргун доцент. Гьезие бажарун нухмалъи гьабуна Мухӏамад Танкаевас.\nГенераласул гӏамал-хасияталъе ва гьесул рагъулал гьунаразе гьадинаб къимат кьолеб буго нилъер машгьурал ракьцояз:\nДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас:\n— Кигӏан кӏудияб хъулухъалда вугониги, кигӏан тӏадегӏанаб чин щваниги, генерал Танкаев хутӏана гӏадатияв магӏарулавлъун. Гьесул щулияб бухьен букӏана Дагъистаналъулгун, хасго гӏагараб гьидерил тӏалъиялъулгун ва росуцоязулгун. Халкъалъ гьев чанго нухалъ вищана Верховный Советалъул депутатлъун. Гьеб ишалда вукӏаго, Мухӏамадица гӏемераб кумек гьабуна дагъистаниязе ва гӏагараб районалъул гӏадамазе. Дагъистан ва тӏолабго Россия чӏухӏула улкаялъул тарихалда гъваридаб лъалкӏ тарав бахӏарчи Мухӏамад Танкаевасдаса.\nМоскваялда вугев Танкаевасул росуцояв Мухӏамад Талайлов:\n— Дандчӏварабго Танкаевас цӏехолаан Дагъистаналдаса, гӏагараб Гьидалъа цӏиял харбал. Гьесда лъазе кколаан росдал гӏадамазул гӏумру-яшавалъул ахӏвал-хӏалги, совхозалъул гӏиял къадарги… Гьесул васият букӏана хведал жив гӏагараб росдал хабалалъ вукъеян. Гьеб нижеца тӏубана.\nГӏажаиблъи гьабизе ккараб хӏакъикъат гьечӏищха, магӏарул росулъа гӏадатияв векьарухъанасул вас Варшаваялъул къотӏи-къаялъул Северияб аскарияб къокъаялъул командующий гӏадаб кӏудияб борхалъиялде вахине бажари. Гьединал чагӏаз берцин гьабула нилъер Дагъистан, гьез хъвала гьелъул бахӏарчияб тарих. Нилъеда ва нилъер наслабазда тӏадаб буго даималъго Танкаевасул цӏар цӏунизе. Гьелъие гӏоло нижеца гьабуна гӏемераб хӏалтӏи: Махӏачхъалаялда эхетана генераласе памятник, къватӏазда, школазда, госпиталалда лъуна гьесул цӏар, Гӏурада росулъ гӏуцӏана гьесул рагъулаб нухлул бицунеб музей, хъвана ва хъвалел руго гьесул хӏакъалъулъ тӏахьал…\nЮстициялъул полковник, рагъулаб прокуратураялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан Шамил Ахӏмадов:\n— Мухӏамад Танкаев вукӏана нилъер халкъалъул бищунго камилаб гӏамал-хасият чорхолъ бессарав бахӏарчи. СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб Багӏарбайрахъулаб институталъул начальникасул хъулухъалда Танкаев вугел соназ дун цӏалана гьесда цеве рагъулабгун юридикияб факультеталда. Гьайгьай, дун чӏухӏула гьес тарбия-лъай кьурав чи вукӏиналдаса. Лъабго дагъистанияв вукӏана доб мехалъ гьенив цӏалулев. Киналго студентазе, хасго дагъистаниязе гьес гьабулаан эменлъи. Студентаз хӏаракат бахъунаан гьесда релълъине, гьевго гӏадин берцинго хьвадизе. Генераласе рекӏкӏ гьабичӏого букӏинеян, ниж-дагъистаниял цӏалана «щуйилазда» ва киназего сундулъго мисалияллъун рукӏана.\nГӏемерал соназ Ленинкент поселокалъул №35 гимназиялъул директорлъун хӏалтӏарай Чакар Мажидова:\n— Шамил районалъул гӏадамал руго гӏажаибго берцинаб хасияталъул ва бахӏарчияб гӏамалалъул чагӏи. Гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро гьединаб халкъалда гьоркьоса Мухӏамад Танкаев гӏадав бахӏарчи вахъин. Берлиналда Расул Хӏамзатовасулгун лъай-хъвай гьабулаго, Танкаевас «Я из Гидатля буду родом» абурал рагӏабазул буго кӏудияб магӏна. Цоги жоялъул бицинего бицинаро, гьес цо къоялда Освенцималъул лагълъиялдаса эркен гьавуна 17 азарго асир. Танкаев ккола дунялалъулго кӏодолъиялъул инсан. Ленинкенталъул лицеялъул лъималазда цӏакъ лъикӏ лъала генераласул рагъулаб нухлул ва ракълил соназда гьес гьарурал чӏахӏиял ишазул тарих. Нилъгун гьечӏониги, Танкаевас жакъаги кумек гьабулеб буго гӏолилал ватӏан бокьиялде куцаялъе ва, къваригӏани, гьеб цӏунизе рахъине хӏадуриялъе.\nШамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасанов:\n— Танкаев ккола Дагъистаналда тӏоцебе генерал-полковникасул чин щварав чи. Гьесие цӏакъ бокьулаан Гьидерил тӏалъиги гӏагараб Гӏурада росуги, гьев чӏалгӏун вукӏунаан ракьцоязухъ.\nТанкаевасда цӏакъ берцин рихьулаан магӏарул, хасго гьидерил гӏадатал, рокьулаан пандрида ахӏулел кучӏдул, гьев сухӏматазда гъираялда кьурдулаан.\nТанкаев вукӏана Буйнакск шагьаралъул хӏурматияв гражданин. Гьесул цӏар босун буго гьеб шагьаралъул хӏурматиял чагӏазул цӏарал хъвараб тӏехьалдеги. Генераласул цӏар кьун буго Махӏачхъалаялъул цо къватӏалъеги. Гьенибго лъун буго гьесие гьабураб памятникги. Мухӏамадил бюстал руго гьесул гӏагараб Гӏурада ва Цӏияб Гӏурада росабазул школазул азбаразда. Гӏурада росдал школалъе кьун буго машгьурав генераласул цӏар.\nНилъер халкъалда кидаго кӏоченаро Танкаевасул бахӏарчилъи, лъикӏлъи, гӏаданлъи ва гӏадатлъи.\nНури Нуриев"}
{"slug": "muhiamad-ramazan-kiudiyab-zhavabchili-tiade-bosuleb-bukiin-bichichiula-dida", "url": "https://hakikat.info/?nationals=muhiamad-ramazan-kiudiyab-zhavabchili-tiade-bosuleb-bukiin-bichichiula-dida", "title": "Мухӏамад Рамазан: «Кӏудияб жавабчилъи тӏаде босулеб букӏин бичӏчӏула дида»", "date": "2026-05-14 16:54:20", "categories": ["obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "13 маялда тӏобитӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анкьабилеб ахӏиялъул 56-абилеб данделъи. Гьеб нухда бачана Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеровас. Гьенив ДРялъул Хӏукуматалъул председательлъун вищана Мухӏамад Рамазанов.\nДепутатазда цеве кӏалъазе вахъана ДРялъул бетӏерасул ишал заманаялъ тӏуразарулев Федор Щукин. Гьес бицана М. Рамазановасул хӏакъалъулъ. «Нухмалъиялъул рахъалъ кӏудияб хӏалбихьи буго Мухӏамад Исрапиловичасул. Гьев хӏалтӏана рагъулалгун гражданиял хъулухъазда, вукӏана РФялъул президентасул вакилазул заместительлъунги. Гьел хъулухъазда вукӏаго, М. Рамазановасе щвана пачалихъияб нухмалъиялъулги, ведомствабазда гьоркьосел бухьеназулги рахъаз лъикӏаб хӏалбихьи. Республикаялда ккараб тӏабигӏияб къварилъиялъухъ халгьабулаго, гьес бихьизабуна ишалъулаб бербалагьиги масъалаби тӏуразаризе бугеб бажариги».\nФёдор Щукинил пикруялда рекъон, Мухӏамадица хӏалтӏи гӏуцӏула республикаялда гӏумру гьабулел гӏадамазулгун щулияб бухьенги чӏезабун, кӏваркьун гӏенеккула гьев гӏадамазул хитӏабазухъ ва жигараб хӏаракаталда тӏуразарула ракьцоязул къваригӏелал. «Дагъистаниязе хӏажат руго чӏванкъотӏарал хӏукмаби, хӏукумат халкъалъе рагьараблъун букӏин, хӏакимчиясул жавабчилъи ва церечӏарал масъалаби заманалда тӏуразари», — ян абуна Ф. Щукиница.\nРехсана гьес тӏоцебесеб иргаялда республикаялда церечӏарал масъалабиги: гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезари, экономикагун социалияб рахъ церетӏезари, инфраструктура цӏигьаби, миллиял проектал гӏумруялде рахъинари, хасаб рагъулаб операциялъул гӏахьалчагӏазегун гьезул хъизамазе кумек гьаби, гьединго — республикаялъул нухмалъиялъул щибаб бутӏаялда кьварараб низам букӏин. «Халкъияб Собраниялъулги, пачалихъияб нухмалъиялъул щибаб идараялъул хӏакимзабазулги цолъараб хӏаракаталдалъун гьел масъалаби тӏуразарун бажариялда ракӏчӏола дир», — анги абуна ДРялъул бетӏерасул ишал заманалда тӏуралес.\nЖинда гьабулеб божилъиялъухъ ДРялъул Хӏукуматалъул председатель Мухӏамад Рамазановас баркала кьуна Ф. Щукиние. Хадуб гьадин бицана: «Республикаялъул халкъалдаги власталъул хӏалтӏи рукӏалиде бачӏиналде хьул бугевщинав чиясдаги цебе дир кӏудияб жавабчилъи бугеблъи бичӏчӏула дида. Хӏалтӏулъ нилъеца мугъчӏвазе буго цебеккунисеб хӏалтӏул хӏалбихьиялдаги, Дагъистаналъул ругел ресаздагун сурсатаздаги. Дица хӏаракат бахъила гӏадамазе загьираб куцалда, ракӏунтарал гьезул масъалабазул кьучӏалда республикаялъул хӏукуматалъул хӏалтӏи гӏуцӏизе», — ян.\nГьабсагӏаталда цебечӏараб аслияб масъалалъун Мухӏамадица рехсана тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда ккараб зарал бецӏи. «Федералиялгун регионалиял хъулухъаз гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи сордо-къоялъго къотӏулеб гьечӏо. Къварилъи ккаравщинав чиясе щвезе ккола кумек», — ан абуна гьес.\nАслиял масъалабазда гьоркьоб рикӏкӏуна М. Рамазановас СВОялъул гӏахьалчагӏазегун гьезул хъизамазе, кӏудияб ригьалъул гӏадамазе, сахлъукъазе ва захӏматаб хӏалалде ккарал дагъистаниязе социалияб кумек гьабиги.\n«Хӏурматиял депутатал! Республикаялъул социалиябгун экономикияб гӏумруялда гӏемер масъалаби руго тӏоцебесеб иргаялда тӏуразаризе тӏадал. Амма бищунго аслияллъун дида рихьула гӏадатияб халкъалъул ракӏунтизабурал суалал. Гьединаллъун ккола нухал, токалдалъунги лъедалъунги хьезари, медицинаялъул кумек щивасе хехго щолеблъун гьаби, школазегун лъималазул ахазе, цогидалги социалиял идарабазе минаби рай. Гьеб рахъалъ гьабураб хӏалтӏухъ балагьун къимат кьола халкъалъ власталъул хӏаракаталъе. Гьединлъидал нилъеда тӏадаб буго, цебетӏей хехлъизабизе гуребги, халкъалда якъинго рихьулел хӏакъикъиял хиса-басиял гьаризеги», — ян депутатазде хитӏаб гьабуна М. Рамазановас.\nГьел ва цогидал масъалаби тӏуразариялъе санагӏатаб нухлъун гьес рехсана Республикаялъул хӏукуматалъулги, Халкъияб Собраниялъулги, муниципалитетазулги цадахъаб хӏаракат ва РФялъул президент Владимир Путинил квербакъи.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул тӏолго депутатаз цокӏалго гьаракьги кьун, Мухӏамад Рамазанов тасдикъ гьавуна ДРялъул Хӏукуматалъул председательлъун."}
{"slug": "hurisa-cziun-bachiagi", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hurisa-cziun-bachiagi", "title": "Хуриса цӏун бачӏаги!", "date": "2026-05-14 16:58:50", "categories": ["lit", "magiarukh", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Исана Оц баялъул байрам гӏуцӏана Бежтӏа росдал советалъул хӏаракаталдалъун. Администрациялъе хӏалае рахъана муниципалитеталъул маданиял идарабазулги, Россиялъул Бахӏарчи Гӏабдухаликъ Къурбановасул цӏаралда бугеб Бежтӏа росдал гьоркьохъеб школалъулги, Искусствоялъул школалъулги ва цогидал идарабазулги хӏалтӏухъаби.\nБежтӏадерил мацӏалда байрамалда абула «Болӏоос»: болӏо — ракь беги, ос — оц. Байрамалъул гӏахьалчагӏи цудунго ракӏарана росдал Кӏудияб кьода. Миллияб парталги ретӏун чӏахӏиялги гӏисиналги гъорлъ жубараб къокъа, кодоб хур бегизеги бекьизеги хӏажатал алаталгун, багъарана аэропорталдехун. Гьезул бетӏералда рукӏана зурмихъангун къолохъан. Гьезда хаду-хадуб бачӏунеб букӏана «бахӏарал» рекӏараб гьокоги, пуруц-рукьгун кутан хадуб барал оцалги. Пулеб зурма, бухулеб къали, руччабаз ахӏулел халкъиял кучӏдул — гьеб хӏалалда къокъа ана росдал аслияб къотӏносан. Зурмилгун къолол сас тӏибитӏана сверухълъиялдаго ва гьелъул ахӏукь къватӏире рахъана жеги гӏадамал.\nЩвана аэропорталъул майданалде. Гьенибги цебеккунго хӏадурлъи гьабун бугоан байрамалъул гӏуцӏарухъабаз. Рекьи-хуралда хурхарал халкъиял алфазал тӏад хъварал игӏланалги, бежтӏадерие хасиятал кванил нигӏматаз цӏезабураб сверухълъиги, халкъияб устарлъиялъул нугӏзаллъун тӏиритӏарал тӏагӏел-алаталги — гьеб киналъго гӏадамал ахӏулел рукӏана байрамкъоялъул лазат босизе. Щивасул рес букӏана «кьиги» «сувоги» (тӏохол хӏадурулел нигӏматал) гьекъезе, цӏурачадалгун хинкӏал ва цогидал тӏагӏамал нигӏматал кваназе.\nМайданалда данделъарал бежтӏадерида байрам баркана муниципалияб гӏуцӏиялъул бетӏер Шамил Арадаховас, депутатазул собраниялъул председатель Сулейман Жабуевас, Бежтӏа участокалъул бетӏерасул заместитель Шамил Амиловас, администрациялъул ишазул нухмалъулев Мухӏамад Рамазановас, СВОялъул Ветераназул ассоциациялъул председатель Израгӏил Мутагӏалимовас ва цогидаз.\nШамил Арадаховас халкъалъе баркала кьуна — цолъи-гъункиялъухъ, умумузул маданиябгун тарихияб бечелъи цӏунизеги наслабазе гьеб гьуинлъизабиялъеги квербакъиялъухъ, росуцоязул рохелгун къварилъи гӏахьал гьабиялъухъ.\nБежтӏа росдал бегавул Мухӏамад Мухӏамадовас киназего сахлъигун баракат ва ракълилаб гӏумруялъе квербакъи гьарана ва баркала кьуна байрам гӏуцӏизеги тӏобитӏизеги гьабураб кумекалъухъ.\nУмумузул гӏадат-гӏамал цӏунизе росуцоял ахӏана краевед ва ИМЦялъул директор Шугӏайб Ражабовас.\nГьелдаса хадуб байбихьана тӏоцебесеб рахъ баялъул тадбир. Бегана хурул гьитӏинаб бутӏа ва гьениб хьана бугӏа. Гьелде тӏаде ракь хъвазе рахъана руччаби («эсалабагия»).\nГьелдаса хадуб букӏана Бежтӏа участокалъул маданияб централъул хӏаракатчагӏазул ва Лъималазул искусствоялъул школалъул цӏалдохъабазул концертги спорталъул къецалги. Рекерун, квар цӏан, гамачӏ рехун, гугарун ва цогидал къецазда бергьарал спортсменазе кьуна гӏарцул сайгъаталги Оцбаялъул байрамалде хӏадурулеб хасаб Чадил горги («кӏойхо»).\nБайрамалъул ахиралда шапакъатал кьуна росдалги участокалъул цебетӏеялда бутӏа лъурал бежтӏадерие. Масала, Бежтӏаса Халитов Зияудиние — цӏияб мажгиталъе чӏобого ракь кьуралъухъ; лъабго ва цӏикӏкӏун вас СВОялда вугел улбузе, участокалъул бюджеталъе квербакъулел предпринимателазе ва гь.ц.\nЛаюза Гӏумарова"}
{"slug": "dagistan-dur-chili-chotiajin-giurab", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dagistan-dur-chili-chotiajin-giurab", "title": "Дагъистан, дур чилъи чотӏайин гӏураб", "date": "2026-05-15 10:57:40", "categories": ["insan", "magiarukh", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Гъогъолъа Даитбег-дибирасул, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил ва чуязул хӏакъалъулъ\nДирги букӏана чу цӏадул кьер бугеб,\nКьолокь басандулеб, дир мацӏ бичӏчӏулеб.\nХӏихӏиди гӏарцулаб, гӏамал чалухаб,\nГӏодоб хӏетӏ хъвалареб, гӏамал парччахӏаб.\nХасаб асар буго дир чуяздехун,\nГьезул малакь гӏуна дирни лебаллъи.\nГӏумархӏажи Шахтамановасул гьал рагӏабаз гӏемераб жо цебетӏамизабула. Хӏакъикъаталдаги чодул малакь куцана, гьелъул мугъалда лъадарана нилъер умумузул лебаллъиги, бахӏарчилъиги, чилъиги. Чу букӏана «бараб ахӏулъги ахӏараб бодулъги» магӏаруласул бищун божараб гьудул.\n«Гьале чи, гьале чу, чучуге рачел». Гьел рагӏабазги жанибе бачуна гӏемераб магӏна. Жакъаги магӏарухъ чуяздехун хасаб бербалагьи буго.\nДагьал церегӏан къоязда Шамил районалъул Гьолокь росулъ тӏоритӏана Гъогъолъа гӏалимчи, факъигь ва мударрис Даитбег-дибир ракӏалдещвезавиялъул хӏурматалда чуял тӏамиялъул къецал. Тадбир гӏуцӏана Гъогъолъ росдал жамагӏаталъул, Даитбег-дибирасул наслуялъул чагӏазул хӏаракаталдалъун.\nЧуял тӏамиялъул дагьаб хадуб бицинеги тун, цин цо чанго рагӏи Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ абичӏого гӏоларо. Анцӏила микьабилеб гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда гьавурав, бергьараб пагьму-гьунаралъул ва доб заманалда гъваридаб гӏелму щварав гӏалим вукӏана гьев.\nГьесда цеве цӏалана Шамил-имамасул кумекчи ва мирза Къарахъа Мухӏамадтӏагьир, Гӏурадаса Муслим ва цогидалги гӏалимзаби. Магӏарулазул гӏемерисезда жеги лъикӏ рагӏичӏев, амма жиндирго гӏелмуялдалъун ва баракатал ишаздалъун кӏудияб лъалкӏ тарав чи вукӏана гьев.\n— Даитбег-дибир вукӏана жиндир заманалда сверухълъиялдаго лъалев, имамзабазул заманалда машгьурлъи щварав Къарахъа Мухӏамадтӏагьириеги Муслим Гӏурадиясеги дарсал кьурав факъигь ва мударрис.\nГьединав гӏалимги, умумулги, нилъер тарихги ракӏалдещвезабиялъул мурадгун тӏобитӏана нижеца гьаб тадбир, — ан бицана гьелъул гӏуцӏарухъабаз.\nАллагь, Дуца салам лъе Даитбег-дибирасда\nЖеги гӏатӏидго Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъе» бицана Гъогъолъ росдал дибирлъун хӏалтӏарав Мухӏамадрасул-хӏажицаги:\n— Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ бицен росулъ кидаго батараб буго. Хасго XVII ва XVIII гӏасруялъул бащалъиялда, гьединго, ХӀX гӏасруялда рукӏарал гӏалимзабазда гьоркьовги машгьурав чи вукӏана гьев. Амма ХӀX гӏасруялдаса хадуб, гьесул цӏар къватӏибе бахъичӏого хутӏиялъе «сабаблъун» кканин абизе бегьула, атеистаз тӏалъи босараб ва диналъул церехъаби тӏагӏинаризе щибго жо нахъе течӏеб советияб пачалихъалъ тӏалъи боси. Гъогъолъа гочун Гъоркьа Жунгуталдеги ун, гьенив къадаралде щварав Даитбег-дибирасул васазул наслаби рукӏинчӏолъиги. Гӏицӏго Гъогъолъ гьесул ясалъул лъабго лъимал рукӏана, гьез нахъе цӏунун батанин абизе бегьула машгьурав кӏудияв инсул бицен.\nАслияб къагӏидаялъ Даитбег-дибирасул хӏакъалъулъ бицен тӏахьазда хъварав чи ккола Къарахъа Мухӏамадтӏагьир. Жиндирго мугӏалим гьев вукӏиналъ гьес гӏемераб жо хъван буго гьесул хӏакъалъулъ. Гьединго гьесул хӏакъалъулъ хъвана Гӏурадаса Муслимицаги цогидал гьесда цере цӏалулел рукӏарал мутагӏилзабилъун рукӏаразги. Живгоги Даитбег-дибир гӏелму тӏалаб гьабулев Къарахъ мухъалда вукӏун вуго саламатал соназ. Амма гьесул тӏоцебе гӏелму цӏализе кида ва киб байбихьарабали, магӏишат-яшавалъул хӏакъалъулъ жакъа рагӏа-ракьанде щун лъалеб жо гьечӏо. Щайгурелъул, XVIII гӏасруялъул ахиралда гьавурав чи вукӏиналъ гьесул нахъе хутӏараб жо цӏакъго дагьаб гурони батичӏо.\nГьесул хӏакъалъулъ аслияб къагӏидаялъ нилъехъе щвараб жо ккола Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица хъвараб. Хӏатта, Даитбег-дибир хвараб мехалъ, гьесул вас Ашаханил Мухӏамадихъе Къарахъияс битӏун бачӏараб зигара баялъул кагътида (марсият) загьир гьабун буго кинабго гьесул гӏелмуялъул гъварилъиги, гӏибадатлъиялъе букӏараб гьунарги, пагьмуги — кинабго жанибе бачун буго Мухӏамадтӏагьирица. Гьеб назмуялдасан бихьула кинаб гӏелмуялъул, гӏибадаталъул, дунял рехун тарав загьид Даитбег-дибир вукӏаравали.\nГьесул хвараб сон ккола гӏага-шагарого 1841-абилеб. Гӏарабалъ зонода хъван буго «Мумарису тагӏлими ва тадриси илал вафати» абун. Магӏна: «Хвезегӏан гӏелму малъулев ва дарсал кьолев исламияв гӏалим ва факъигь вукӏана», — абун.\nГьединго: «Усулалъулъ лебалав Гъогъолъа Даитбег-дибир» абураб машгьураб назму буго Багинуса Шугӏайб-афандияс гьабурабги.\nУсулалъул гӏелмуйин абула исламалда бищун тӏадегӏанал гӏелмабазул цояблъун жиб кколеб, бищун захӏматаб, жиб щвезе ккани, чиясда цӏакъ гъваридаб лъай букӏине кколеб бергьун кутакаб гӏелмуялда.\nГӏелмуялъулъ мухӏакъикъ абураб цӏарги кьолеб буго гьесие. Гъваридав, бичӏчӏи бугев, захӏматал суалал рорхулев, гьездасан рижарал гарцӏал ричизеги махщел бугев — гьединал сипатал гьарулел руго гьесие Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица нилъеца бицен гьабураб марсияталда.\nМашгьурав гӏалимасул хӏурматалда Гьолокь росулъ чуял тӏамиялъул къецал тӏоритӏулеб къоялъ, цояб рахъалда Даитбег-дибирасул ва цогидаб рахъалда гьесул мутагӏил, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил суратги бакьулъ Къарахъияс гьесде гьабураб, гӏарабалдаса магӏарулалде буссинабураб назмуги лъураб кӏудияб баннер хӏадурун букӏана тадбир гӏуцӏарал гъагъадерица.\nГьелъул байбихьиялда руго:\nАллагь, дуца салам лъе Даитбег-дибирасда,\nТӏолго мударрисазул бищунго лебаласда, — абурал рагӏаби.\nОгь, чуял, огь, чуял, чабхил нухазда,\nНужер тӏикъвабазул тӏадегӏанаб кечӏ…\nПалхӏасил, гьакьадерил майданалда рекеризе риччана чуял… Гьенир бергьана магӏарул тайпадулал чуязул чанго бекерухъан. Бергьенлъи босана Гъогъолъа Камилил юргъаялъги. Киназего кьуна къиматал шапакъатал, гӏарцулал сайгъатал.\nТадбир нухда бачарав магӏарулазул унго-унгояв патриот Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевас абуна:\n— Нухӏил гамитӏаса къватӏире рахъаралдаса чу букӏана инсанасул бищун божараб кумекчиги гьудулги. Гьелъул мугъзада тӏад гӏуцӏана нилъер анкьумумуз гьаб дунял, дин, магӏишат-яшав. Дунялалдаги ахираталдаги инсанасе гьечӏого гӏолареб божараб гьудул буго чу. Чуги чиги руго цого хӏарпалдалъун загьир гьабизе бегьулел, магӏна хисуларел, кьолболъа гӏаркьелгӏанги жал цоцадаса тӏезе рес гьечӏел рагӏаби ва чӏагояб мисал. Нилъер умумул чодалъун рохулелги чӏухӏулелги ратана. Чодалъун бахӏарчилъи борцунебги батана. Цӏияб гӏелалъе гьеб цӏунеян васият гьабулебги батана. Нилъецаги гьеб цӏунизе ккеларищха, — ян.\nP.S. Даитбег-дибирасул хӏурматалда Гьолокь гьединаб баракатаб мажлис гӏуцӏаралъухъ гьелъул аслиял хӏаракатчагӏазе ва Гъогъолъ росдал жамагӏаталъе баркала загьир гьабизе бокьун бугилан редакциялде кӏалъан вачӏана Гьолокьа исламияв хӏаракатчи Гӏали-хӏажиги.\n«Кӏудияв гӏалим, Шамил-имамасул муфтизабазулги мугӏалим, Даитбег-дибир ракӏалдещвеялъул хӏурматалда чотӏахъабазул къец гӏуцӏиялъухъ кӏудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго дие гъагъадерил жамагӏаталъе\nГьениб мажлисалда гьез гӏуцӏараб тадбиралъухъ тӏаде рачӏарал гьалбадерие гьез гьабураб хъалухъалъухъ чотӏахъабазда гьоркьоб цӏунараб гӏадлу-низамалъухъ\nХаду-хадурги халкъалда гьоркьоб цолъи, вацлъи, гьуинльи бикьулел гьадинал мажлисал гӏемер гьаризе гъагъадерил жамагӏаталъе тавпикъ ва икъбал кьеги»\nАшахан Юсупов,\nГьолокь-Махӏачхъала.\nАвторасул суратал"}
{"slug": "czeregosel-kagiidabazul-pajda-gechio", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czeregosel-kagiidabazul-pajda-gechio", "title": "Церегосел къагӏидабазул пайда гьечӏо", "date": "2026-05-15 11:04:33", "categories": ["gara", "insan", "obrazovanie", "obshestvo"], "text": "«Хӏакъикъаталде» гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Интернеталъул, искусственнияб интеллекталъул кумекалдалъун магӏарул мацӏ цӏунизе ва гьеб гӏолилазда гьоркьоб кӏвар бугеблъун лъугьинабизе хӏаракат бахъулев гӏолохъанчи, Хунзахъ районалдаса Сагӏид Гӏабдулаев. Рахьдал мацӏалде руссинарурал фильмалгун мультфильмазул онлайн-кинотеатр «Барти-ТВялъул» проекталдаги гӏахьаллъана гьев. Магӏарул мацӏалде буссинабураб «Алжан эбелалъул хӏатӏикь буго» абураб гъиргъизазул фильмалда лъабго чияс хӏалеб рольги цӏалана гьес. Сагӏидица хӏаракат бахъулеб буго социалиял гьиназда гьурмалги (блог) гӏуцӏун, гӏолилазда магӏарул мацӏ лъазабизе, батӏияб мацӏалъул рагӏаби гъорлъе риччачӏого, умумуздаса бачӏараб къагӏидаялъ гьеб цӏунизе.\n— Сагӏид, жакъа гӏемерисел гӏолилаз, магӏишатияб рахъ тӏубалареблъун рикӏкӏунеб магӏарул мацӏ цӏунулевлъун социалиял гьиназдаса мунго вихьизавиялъе гӏилла щиб? Сундасан дуца гьеб байбихьараб?\n— Дун цӏалана ДГМАялда. Хӏалтӏулев вуго стоматологлъун. Нилъерго рахьдал мацӏ бокьизе ккани, лингвисталлъун рукӏине кколаро. Магӏарул мацӏ цӏунизе, гӏолеб гӏелалда гьоркьоб тӏибитӏизабизе гъира бижана дир Турциялде щвараб мехалда. Гьенир ругел магӏарул мугьажирзабазул росабалъ чӏахӏияб гӏелалда лъалеб буго мацӏ, гӏолохъанаб гӏелалда лъалеб гьечӏо. Гьезул гӏумруялъулъа тӏагӏарабго гӏадин, чанго соналдасан, магӏарулазул тарихияб Ватӏаналдаги тӏагӏине бугин рахьдал мацӏин абураб пикруялъ рахӏат течӏо дие. Гьениса тӏадвуссиндал ва Хунзахъе щведал, бихьана дида гӏисинлъималазда магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏолъи. Цинги ракӏалде ккана, гьаб заманалъул ресаздаса пайдаги босун, магӏарул мацӏ цӏунизе дихъаго бажарараб хӏалтӏи гьабизе.\n— Социалиял гьиназда дуца бачунеб блогалда магӏарул мацӏалъул хъвавул къагӏидабазда хиса-басиял гьаризе лъугьун вуго мун. Мацӏалъул гӏалимзабаз гьабизе тани яги гьелгун дандбан гьабуни, битӏун букӏинарищ гьединаб хӏалтӏи?\n— Битӏараб суал буго, амма дица абулеб жоги киназего якъинаб буго. Магӏарул мацӏалъул грамматикаялъулъ руго цо-цо киназдаго лъалел гӏунгутӏаби, мацӏ лъазабулев чи мекъи ккезавулел гъалатӏал. Масала, руго цо-цо рагӏаби Лӏ хӏарпгун хъвазе кколел. Болмацӏ гӏуцӏун буго северияб наречиялдаса. Гьеб наречиялда бугеб Лӏ хӏарп хъвавулъ хӏалтӏизабичӏого тей гъалатӏлъун рикӏкӏуна дица. Дун лъугьунев гьечӏо магӏарул мацӏалъул грамматика хисизабизе, амма якъинал мекъиккеязде кӏвар буссинабулеб буго. Советияб заманалда алфавиталде рачарал, магӏарул мацӏалдаго гьечӏеб Ь, Ф, Ы хӏарпалги хӏажат гьечӏо нилъее. Гьеб киназего якъинаб жо бицунеб буго дица.\n— Жакъасеб къоялъул захӏмалъабиги хӏисабалде росун, магӏарул мацӏ цӏуниялъе, дур хӏисабалда, щиб хӏажалъулеб?\n— Дунялги хисун бугелъул, гьелда рекъон хьвадизе ккола. Дунялго искусственнияб интеллекталъул кумекалдаса пайда босизе лъугьараб мехалда, нилъер мацӏги малъизе ккола гьелда (ИИ) рекъон. Гьелда кӏола цо лахӏзаталда жаниб аза-азар гьумер магӏарул мацӏалде таржама гьабизе, мацӏ лъаларезда гьеб бичӏчӏизабизе ва гь.ц. Цониги искусственнияб интеллекталда магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏо. Гьелда тӏад хӏалтӏулев вуго дун жакъа. Гьелда жаниб магӏарул мацӏ лъуни, кумек букӏине буго мацӏ цӏуниялъе.\nМагӏарул мацӏ цӏуниялъе щибдай пайдаяб жо гьабилаян абун ургъулев ва хӏалтӏулев вугелдаса лъабго сон буго дир. Лъабго нух буго гьелъие: хӏажатаб рагӏи жинцаго тӏаса бищулеб (Т9) магӏарул клавиатура гӏуцӏи; магӏарул мацӏалда мультфильмал, передачаби ва цогидабги контент гӏуцӏи; искусственнияб интеллекталъулъ магӏарул мацӏ лъей.\nМагӏарул клавиатура гӏуцӏизе хӏажатаб материалги бакӏарун, гьеб иш гьабулеб машгьураб компаниялде рехун буго. Гьединго искусственнияб интеллекталъе магӏарул мацӏалде руссинарурал предложениязул корпус гӏуцӏизе байбихьун буго. Дие батӏаго гӏемераб гӏарац къваригӏунаро гьеб хӏалтӏи гьабизе. Гьелъие хӏажатаб жо буго магӏарул мацӏалда пуланал предложениял гӏурус яги ингилис мацӏазде руссинаризе ва гьелъул гӏаксалда гӏурусалдаса ва ингилисалдаса магӏарулалде руссинаризе. ИИялда лъала гьел мацӏал, гьезул кумекалдалъун магӏарулги малъизе бегьула. Хӏаракат бахъула цо-цо роликал магӏарул мацӏалде руссинарун тӏиритӏизаризе, социалиял гьинал магӏарул мацӏалда рачине.\n— Лъималазда мацӏ лъачӏогоян абун, гӏемерисез гӏайибчӏвала гьезул улбузда. Улбуз рокъоб магӏарул мацӏ бицунебги малъулебги букӏарабани, лъималазда мацӏ лъалаанин абула. Дуца кин рикӏкӏунеб?\n— Улбузда гӏайиб гьечӏо лъималазда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул. Жакъасеб къоялъ дунялалда кинабго бараб буго глобализациялда. Киданиги дунял букӏинчӏо гьадинаб цифровияб цебетӏеялда. 100 соналъ цереги чотӏа рукӏана, азарго соналъ цереги чотӏа рукӏана, жакъайин абуни сверхзвуковой истребителазда роржунел руго. Эбел киданиги йикӏинчӏо лъималазда мацӏ малъиялъул рахъалъ жакъа гӏадаб рес къотӏараб хӏалалда. Бачӏунеб гӏелалъе магӏарул мацӏалда я клавиатура гуро, я кино, я мультикал гуро. Исана «Барти-ТВялъ» таржама гьабурал гӏадал мультикалги фильмалги гурони, жакъа лъимал ралагьизе магӏарул мацӏалда хӏадур гьабураб щибго жо гьечӏо.\n— Руго гурищ магӏарул мацӏалде руссинарурал мультикал?\n— Ругоха советияб заманалдаго рукӏарал мультикал. Гьанжесел лъималазе рокьуларо гьел, анимацияги хисун бугелъул, гьанжесеб къагӏидаялъул мультикал тӏаса рищула гьез. Гьединлъидал хӏажат буго лъималазе ралагьизе гъира базабулел мультфильмал рахъизе яги таржама гьабизе. Гьанжесеб заманалъул лъималазе бокьулеб «Смешарики» («Копогорочал») абураб мультфильм байбихьун буго «Барти-ТВ» онлайн-кинотеатралъ магӏарул мацӏалде таржама гьабизе.\n— Хадуб кверчӏвай щвечӏони, ссун унеб проектлъун хутӏиладай «Барти-ТВ»?\n— Рахьдал мацӏалда мультфильмал, фильмал ва передачаби рахъи — гьеб буго жакъа мацӏ ва миллат цӏуниялъе цӏакъ хӏажатаб жо. Нилъеца жакъа гьелъул хӏажалъи унго-унгояб къагӏидаялда борхулеб гьечӏо. Лъимал 7-8 сагӏаталъги, тӏубараб къоялъги мультиказухъ ралагьун рукӏуна. Ахиралда гьел батӏияб мацӏалда гаргадизе лъугьуна. Гьедин букӏине бокьун батичӏони, лъималазе магӏарул мацӏалда риччазе ккола мультфильмал. Гьеб онлайн-кинотеатр цӏунун хутӏизе ккани, гьезие квербакъизеги ккола.\nПатӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА"}
{"slug": "mugiruzul-chiuhiigi-dur-sarinazul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mugiruzul-chiuhiigi-dur-sarinazul", "title": "Мугӏрузул чӏухӏиги — дур сариназулъ", "date": "2026-05-18 14:44:59", "categories": ["insan", "lit"], "text": "Каримуллагь Гӏабдулаевас — 70 сон\nМагӏарул бакъназул чвахи цӏилъизе, мугӏрузул саринал цӏунун хутӏизе, магӏарул рогьелгун, гьелъул бакъналгун рещтӏа, Каримулагь, нижехъ гьоболлъухъ.\nМун, халкъияв артист, дурго бакъналгун щола магӏарухъе, гьелъий салам кьун. Хӏикматго сокӏкӏарал мугӏрул каранда росабаз, цӏаруцӏун, жаваб гьабула.\nМагӏарул мацӏалда кӏалъалеб буго жакъаги дур аргъан Дагъистаналда. Магӏарул тарихги магӏарул мацӏги гаргадула нижгун, духъ гӏенеккидал.\nМун, халкъияв артист, аваразул вас, Аваристаналъул ургъалилъ вугев. Миллаталъул къадру, бакъназул устар, Каримулагь, дуе икъбал гьимаги.\nМугӏрузул чӏухӏиги — дур сариназулъ, мугӏрузул цӏумазул — борхалъи гьезулъ, мугӏрузул иццазул чилиги — гьезулъ, мугӏрузул ясазул намусги — гьезулъ.\nКьурабаз куцараб, чаранлъун бугеб мугӏрузул васазул лъадари — гьезулъ. Умумузул кьвари, улбузул хӏикмат, бацӏцӏадаб рокьиги — дур сариназулъ.\nМаданияталда дурго цӏар бугев, адабияталда хасаб нух бугев, Каримулагь, дур цӏва даим кунчӏила, магӏарул гъансито къалъун хутӏизе.\nМагӏарул бакъназул устар\nКаримулагь Гӏабдулаев. Магӏарул бакъназул устар. Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи (1993с.), Дагъистан Республикаялъул халкъияв артист (2016 с.). Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи (жамгӏияб шапакъат), республикаялъул Культураялъул министерствоялъ кьураб Кадриял орден щварав. 537 бакъаналъул автор. Каримулагьил творчествоялъе сайгъат гьабураб анцӏго концерт тӏобитӏана Дагъистаналда. Рокьула гьесул бакънал магӏарулазе. Дур бакънал ахӏуларев кочӏохъанго ватиларин абураб суалалъеги гьадинаб жаваб кьуна Каримулагьица:\n— Жакъа къоялъ цогӏаги дир бакъан ахӏуларев кочӏохъан ватиларо. Ахӏула гьел руччабазги. Ахӏула бихьиназги. Гьезул киназулго цӏарал рехсезеги бажариларо. Амма аслияб къагӏидаялда дир бакъназда кучӏдул ахӏарал ва гьанжеги ахӏулел цо-цоязул цӏарал рехсезе бокьун буго: Патӏимат Магаева, Халисат Хӏамидова, Хӏажилав Хӏажилаев, Шамил Ханакаев, Умукусум Мухӏамадова, Гӏайшат Тажудинова, Апанди Мухӏамадов, Эльмира Валиева, Хӏусен Гӏамирханов, Ахӏсарат Хӏайбулаева, Эльмира Аминова.\nЖидер рагӏабазе жинца бакънал хъварал цо-цо авторалги рехсана Каримулагьица:\n— Расул Хӏамзатов, Мухӏамад Биясланов, Къурбанмухӏамад Мухӏамадов, Шамхал Дибиров, Залму Батирова, Тубхӏат Зургьалова, Залму Мухӏамадова, Залпа Мухӏамадрасулова.\nРуго гьесул бакънал цогидал авторазул рагӏабазе хъваралги. Композиторасул буго 130 бакъан, гӏурус рагӏабазе хъварабги. Гьесул бакъназулъ буго магӏаруллъи, жиндирго хъачӏлъи-согӏлъигун, недегьлъи-хӏеренлъигун. Гьел бакънал, нилъехъе щвелалде, цин лъадарула гьеле гьал дица тӏадехун рехсарал магӏаруллъиялъул гӏамалаз. Гьединав вуго нилъер Каримулагь — мугӏрузулги магӏарулазулги сипатал жиделъ рессун ругев бакъназул устар.\nДица гӏумру тела гӏадада инчӏин…\nГьавуна Каримулагь Цӏумада районалъул Хуштада росулъ 1956 соналъул 13 маялда. 1974 соналда гӏагараб росдал школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Махӏачхъалалде, ДГПИялъул музыкалияб факультеталде.\n— Битӏун бицани, ракӏалдаго букӏинчӏо музыкаялда дирго гӏумру хурхинабизе. Бокьун букӏана физкультураялъул факультеталде лъугьине. Физкультурникасе дандекколеб лага-черхги бугелъулха дир. Амма битӏккечӏо. Гьениве ворчӏичӏеб мехалда, кьуна документал музыкалияб факультеталде. Ракӏ бухӏичӏо дир гьениве лъугьиналдаса. Дие рес щвана гӏагараб миллаталъул музыкалияб гӏумруялде гъорлъе лъугьине, гьениб диргоги лъалкӏ тезе. Гьенирго ракӏалде щвезаризе рокьун руго Мухӏамад Бияслановасул рагӏабиги:\n— Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин…\nГьединаблъун рикӏкӏуна дица дирго гӏумруги. Дие щванщинал шапакъатаздасаги тӏадегӏанаблъун буго дие, кечӏ ахӏизе цеве вахъиндал, бакъан Каримулагь Гӏабдулаевасул бугин аби, — ян бицана гьес.\nЖигараб гӏахьаллъи гьабулаан студент Каримулагьица институталъул гӏумруялъулъ. 1976 соналда «Нижеца махщалилал ралагьулел руго» («Мы ищем таланты») абураб конкурсалъул лауреатлъун вахъана гьев. Гьелго соназ гӏолохъанав музыкант мустахӏикълъана Тӏолгосоюзалъулаб халгьабиялда тӏоцебесеб бакӏалъеги. Цӏалиялдаго цадахъ гьев хӏалтӏулев вукӏана Нагинил цӏаралда бугеб клубалдаги. Гьенив хӏалтӏулеб мехалда, бижана Каримулагьил тӏоцебесеб бакъанги:\n— Клубалда хӏалтӏиялъги кӏудияб кумек гьабуна дир пагьму-гьунаралъе. Гьениб тӏоцебе хӏалбихьана дица бакъан хъвазе. Гьениб дида рагӏана рокьи тӏубачӏел гӏолилазул къиса. Ва дица хӏалбихьана гьеб къиса магӏарулазеги бицине бакъаналъул мацӏалда. Дида кколаха дир гьеб лъугьанилан — бажарана дихъа тӏубачӏеб рокьул къварилъи къватӏибе кьезе. Гьеб бакъаналда батана жиндирго рорженги — гьеб ахӏана «Сонал унел руго…» абурал Хӏамзатил Расулил рагӏабазда кочӏохъан Къурбан Мухӏамадовас.\n— Дир творческияб гӏумруялъул байбихьун рикӏкӏине бегьула Харахьиса Патӏимат Мухӏамадовалъул «Абе гӏолилазда», Расул Хӏамзатовасул «Дида тӏаса лъугьа, тӏерхьун унеб бакъ», «Щай, хирияй гьудул, мун пашман йигей», Мухӏамад Бияслановасул «Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин» абурал рагӏабазе хъварал бакъналги. Хъвалаго-хъвалаго, гӏун батана 537 бакъан. Ракӏалда буго, гьел бакъналги нотабазде росун, тӏехь къватӏибе биччазеги. Гара-чӏвари гьабулаго, гӏемерисез гьикъула дида бищунго бокьулеб бакъан кинабилан абун. Бакъналги дие ккола лъимал. Кигӏан гӏемер ругониги, эбел-инсуе гьел киналго цохӏого даражаялда рокьула. Гьезда гьоркьоб букӏунаро бокьулареб лъимер. Гьединго дирги гьечӏо бокьулареб, хъвачӏониги тезе бегьилаанилан ккараб бакъан, — ан абуна Каримулагьица.\nДур кечӏ ахӏуларев кочӏохъанги ватиларо, гьезда гьоркьоса бищунго кинав дуе гӏагаравлъун кколевин абураб суалалъеги, Каримулагьица, велъулаго, кьуна жаваб:\n— Щивав кочӏохъанасул буго цохӏо жиндиего хасаб кечӏ ахӏулеб къагӏида. Цояз тӏаса рищула пашманал рагӏабазе дандекколел бакънал, цогидаз — аваданал бакънал, лъабабилез — пашманлъи-рохел жубарал. Гьез ахӏулеб щибаб кочӏолъ ватула дида дунго. Гьелъул магӏна ккола, дирги, кочӏохъанасулги, рагӏабазул авторасул кумекалдалъунги гьеб асаралда магӏарулазул кочӏолаб маданияталда жиндирго бакӏ батанилан абураб. Дица гьел рокьулел-рокьуларезде рикьуларо. Гьезул щивав хирияв вуго дие. Гьезлъидал дир асаралги гӏадамазухъе щвезарулел, — илан\nТворчествоялъулаб гӏумруялъул сверабаздасан\n— Институт лъугӏун хадув Каримулагь хӏалтӏизе ана Унсоколове. Гьенив ункъо соналъ хӏалтӏана музыкалияб школалъул директорлъун. Гьел соназ жиндие квербакъи гьабуразда гьоркьор гьес рехсана доб заманалда Унсоколо районалъул партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Гьиматил Мухӏамадил, райисполкомалъул председатель Мухӏамадгӏали Гӏабдурахӏмановасул, райпоялъул председатель Мухӏамад Къадиевасул, цӏулал тӏагӏелал гьарулеб фабрикаялъул директор Идрис Гӏабдулаевасул, районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулев Хӏамзат Гъазимухӏамадовасул цӏарал.\nКӏиго соналъ хӏалтӏана Хуштада росдал школалда гӏуцӏарухъан-завучлъун. Гьенир Каримулагьица куцарал кьурдухъабаз чанго нухалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна районалда ва республикаялда тӏоритӏарал музыкалиял конкурсазда. Чонтаулалдаги хӏалтӏана гьев музыкаялъул учительлъун. Пенсиялде инегӏан, хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралда культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун.\n— Кивехун хӏалтӏизе кканиги, дида дандчӏвана гӏицӏго лъикӏал гӏадамал. Гьезул лъикӏлъиялъ квербакъана дие магӏаруллъиялъул сипат жиделъ бугел бакънал ургъизеги. Гьел жеги машгьур гьаруна машгьурал шагӏирзабазул рагӏабазги гӏадамазе рокьулел гьединалго машгьурал кочӏохъабазги. Бищунго машгьурлъи щвана гӏагараб халкъалъ дир бакъназе чӏвараб хъаталъги. Гьелъухъ дун налъулав вуго гӏагараб миллаталъе, — ян абуна Каримулагьица.\nВокьулев композиторасе хъат чӏвана Авар театралдаги. Гьенир кӏодо гьаруна бакъназул устарасул 50, 60, 65 соназул юбилеял.\nКаримулагь Гӏабдулаевас хъвана анкьго районалъул ва шагьаралъул гимназе бакъналги:\n— Хунзахъ район (рагӏаби Гӏабасил Махӏамадил), Цӏумада район (рагӏаби Сабигат Мухӏамадовалъул), Болъихъ район (рагӏаби Шамхал Дибировасул), Гъизилюрт район ва шагьар (рагӏаби Шамхал Дибировасул), Гумбет район (рагӏаби Сагӏид Ордашевасул), Казбек район (Сидрат Айтимирова), Шамил район (рагӏаби Залму Мухӏамадовалъул).\nХъвана Каримулагьица классикиял бакъналги:\n— Росулъе сапар. Ансадерил марш. Залимханил хвел. Вавилоналде къираласул гьужум. Тӏолбоев — Буран. Туркиялда гӏурав магӏаруласул Ватӏаналъухъ чӏалгӏен.\nК. Гӏабдулаевас чанго кочӏохъанасе квербакъана кочӏолаб дунялалде лъугьине. Гьезда гьоркьорги рехсезе бегьула Хӏажилав Хӏажилаев, Шамил Ханакаев, Апанди Мухӏамадов, Хӏусен Гӏамирханов, чачанай Джамиля Жамалудинова, лъарагӏай Рукъият Сатибалова ва цогидалги.\n* * *\nГара-чӏвариялъул ахиралдаги нижер бицен ккана «Хӏакъикъат» газеталъул:\n— Жакъа газета ккола магӏарулазул гӏумруялъул ва къисматалъул матӏулъун. 109 соналъ гьелъ бицунеб буго миллаталъул тарихалъулги, магӏарулазул машгьурал гӏадамазулги, гӏадатал-гӏамалазулги хӏакъалъулъ. Газета ккола мацӏ цӏунулеб къебелъилъунги. Гьенир цӏалдолезда ратула адабияталда, маданияталда, искусствоялда лъалкӏ тарал гӏадамазул къисматалги гӏолилазе цӏализе макъалабиги. Гьенирго гьезда ратула цӏикӏкӏаразул гӏумруялъул дарсалги. Дица кидаго гьабула газеталъе подписка. Цо номер гьоркьоб течӏого, цӏализеги цӏалула. Амма газеталъул тиражалъул халгьабидал, ракӏбакъвана. Миллионалдаса цӏикӏкӏун къадар бугел магӏарулазе 4500 газета цӏакъго дагь буго.\nХӏурматиял магӏарулал! Газеталъул букӏинесеб къисмат нилъеда бараб буго. Хъвай нилъерго газета. Ккве гьелъулгун гьудуллъи! — ян хитӏаб гьабуна Каримулагьица.\nГӏадатлъиялъ кӏодо гьавула инсан\nЖиндирго гӏадатлъиялъ кӏодолъана Каримулагь миллаталъе. Гьев камураб магӏарул тадбир букӏунарин абуниги, мекъи букӏинаро. Гӏагараб мацӏалда тӏоритӏулел слетазде, фестивалазде, адабият-маданияталъул дандеруссиназде щола Каримулагь гӏумруялъул гьудул Шагьрустан Гӏабдулаевагун цадахъ. Чанго нухалда дицаги ахӏана гьев дунго хӏалтӏулей йигеб тахшагьаралъул №11 гимназиялда тӏоритӏулел рахьдал мацӏазул тадбиразде. Цониги нухалда инкарги гьабичӏо. Киса-кивего — миллаталъулги мацӏалъулги къисматалъул ургъалида. Гьев ккола «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулги. Гӏемер щола гьев нижехъе гьоболлъухъ. Ва чан нухалда щваниги, цохӏого суалги букӏуна нижер — миллатги, мацӏги, гьезул букӏинесебги.\nМагӏарул искусствоялда жиндирго хаслъи хадусел гӏелазе толеб вугев бакъназул устарасе газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан гьарула щулияб сахлъи.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "bi-bakvalaro-nali-holaro", "url": "https://hakikat.info/?nationals=bi-bakvalaro-nali-holaro", "title": "«Би бакъваларо, налъи холаро»", "date": "2026-05-18 14:56:15", "categories": ["magiarukh", "obshestvo", "rel", "umumuzul-kitsabi-va-abiyal"], "text": "Бидул къисас ккола умумуз наслабаз наслабахъе кьолеб букӏараб некӏсияб гӏадат. Гьеб баккиялъе гӏиллаги букӏана хасаб пачалихъ, хӏукумат гьечӏолъи яги законал хӏалтӏуларого рукӏин. Тухумазулаб къавмазул заманалда гӏадатал хӏалтӏулаан, жакъа законал гӏадин. Гьелъ квербакъулаан жалго тухумал цӏуниялъе, яхӏ-намусги, къадруги, низамги гӏадлуялда чӏезабиялъе.\nСоветияб улкаялъул тӏоцересел соназдаги жамгӏияб гӏумруялда жаниб бидул къисасалъ саламатаб бакӏ кколаан. Дагъистаналъул цо-цо бакӏазда жакъаги камуларо къисас босиялъул лъугьа-бахъинал. Тухумазда, гьединго, хъизамазда гьоркьоб, къисас босун гурони, рекъезабизе кӏолареб тушманлъи ккеялъе аслиял гӏиллаби рукӏунаан: васасда ва ясалда гьоркьоб бугеб рокьи тӏатин, ракьул гӏурхъи сабаблъун ккараб дагӏба, бугьтан лъей, мацӏ гьаби ва нахъасан каки. Чи чӏвай гуребги, къисас боси букӏине бегьулаан гьадинал лъугьа-бахъиназдалъун ккарабги: чи лъукъи, яс хъами, ракь кквей, чиясул яхӏ-намусалда чӏегӏераб тӏанкӏ лъей, хъизамалъул яги гьоболасул къадру хӏакъир гьаби, зина гьаби, хабзал чорок гьари… Гьез рачунаан тушманлъиялде ва чӏвай-хъвеялде.\nТӏоцебесеб иргаялда, тушманасдаса бидул къисас босизе кколаан чӏварасул инсуца яги вацаз, гьел гьечӏони, инсул рахъалдасан бищун гӏагарал бихьиназ. Тӏадав чияс къисас босичӏони, гьесие рогьо букӏунаан, халкъалда гьоркьоб къадру холаан ва «хӏинкъуч» абураб цӏар лъолаан.\nЧӏварасул чагӏи тушманасда ва гьесул гӏагарлъиялъул бихьиназда хадур лъугьунаан. Гӏадаталъ гьукъун букӏана руччабаздаса, лъималаздаса, как балесдаса, кьижарасдаса, ботӏролъан жагъаллъи бугесдаса, захӏматго унтарасдаса, нахъасан речӏчӏун, рамазан моцӏалъ, диниял байрамазул къоязда ва гӏадамал ракӏарарал бакӏазда къисас босизе.\nТамихӏалде цӏалароан такъсир гьабулаго тӏадккурав, чӏужугӏаданалда хӏал гьабулаго ва, балъго гъоркьчӏел гьабун, жинде тӏаде кӏанцӏулев чӏварав, гьединго, зина гьабулаго тӏадккурал бихьинчиги чӏужугӏаданги чӏварав чи. Амма гьел чӏвазе ихтияр букӏунаан гӏицӏго чӏужугӏаданалъул инсул, вацасул, васасул ва росасул.\nБидул къисас босиялъул гӏадаталъул байбихьуда къисас боси тӏадаблъун гьабулаан тухумалъул киналго бихьиназда. Заманалдасан къисас босиялъул гӏурхъичӏвай гьабуна цересел гӏагарал чагӏаздалъун.\nКъисас босулесда тӏадаб букӏунаан гьеб иш тӏубазегӏан хасаб куцалда гӏумру гьабун чӏей: рохалил данделъабазда гӏахьаллъунгутӏи, сабуралда хьвади, гӏадатияб куцалда ретӏа-къан вукӏин. Бидуласдаса гуребги, къисас босизе бегьулаан гьесул тухумалъул бокьарав бихьинчиясдаса, херал чагӏи ва гӏисинал лъимал хутӏизегӏан. Къисас босизелъун хадур лъугьунаан бидуласул инсуда, вацазда, инсул вацазда ва вацгӏалзабазда. Бидуласдаги гьесул цересел гӏагарал бихьиназдаги росу тезабулаан. Апараглъиялда рукӏине заманги гьел ине кколеб бакӏги чӏезабулаан росдал харабазул данделъиялда. Цо-цо росабалъ гӏадат букӏана къисас босиялъул иш ирсалъе кьолеб. Гьелъие нугӏлъун букӏине цо лъугьа-бахъиналъул мисал бачина. Цо пуланаб росулъ чи чӏван, гӏемерал соназ апараглъиялда вукӏана Гӏали. Сонал анагӏан росу-ракьалъухъ чӏалгӏун, амма тӏадвуссине хӏинкъун вукӏана гьев. Ункъого сон бараб мехалъ, «дун киназдаго кӏочон ватилаянги» абун, гьев тӏадвуссуна гӏагараб росулъе. Цо пуланаб къоялъ Гӏали годекӏаниве вачӏуна ва гӏолохъабазда абула цӏакъ халалъун бугин мегеж, гьалъул гӏадлу гьабурав чиясе кири букӏинаанин абун. Цо гӏолохъанчи вахъуна гьесул магжие гӏадлу гьабизе. Цинги, херасул мегежги ккун гьес, «Би бакъваларо, налъи холароянги» абун, херав хъун рехула. Гьев вукӏуна лъеберго соналъ цеве Гӏалица чӏварав чиясул вас Муса.\nГьидерил гӏадаталда рекъон, чи чӏварав чиясде тӏаде къотӏулаан чӏварасул ирсилазе кьезе лъеберго гӏака, жамагӏаталъе — ункъо ратӏал жанибе унеб хъазан ва цо оц. Гьеб гуребги, эркен гьавуралъухъ абун, хасаб къадаралъул гӏарац кьезе кколаан гьидерил бодуе.\nXVIII гӏасруялъул 60-абилел соназда билълъанхъизабуна маслихӏат гьабиялъул масъала. Гьелда рекъон, бидуласул божарал чагӏаздаги чӏварасул гӏагарлъиялдаги гьоркьоб гьабулаан къотӏи-къай. Гьениб рецӏалие кьезе бихьизабулаан я гӏарац, я гӏарац-меседалъул гьабураб къайи, яги боцӏи-панз.\nЦо гӏадатияб гуреб рекъел гьабиялъул мисалги бачинин. Некӏо Гьентӏа росдал Къвангъурал ва Дугӏилал абулеб кӏиго тухумалда гьоркьоб букӏун буго лъугӏелго гьечӏеб дагӏба-рагӏи ва чӏвай-хъвей. Гӏадаталда рекъон, бидухъ би босичӏого бегьилищха? Гьедин, гьел тухумазул гӏемерал гӏолохъаби чӏван, гӏорхъолъа араб ахӏвал-хӏал лъугьунеб букӏинги бихьун, рекъел гьабизеян, Гьентӏаре рачӏун руго гьидерил росабалъа къадруял чагӏи. Тухумазул бихьиналги данде ракӏарун, гьез абун буго: «Гьадин цоцаца чӏвалел ругони, хӏинкъи буго заманалдасан тухумал лъугӏиялда. Квералги рачун, рекъел гьабиялдаса ун буго тухумазда гьоркьоб лъугьун бугеб тушманлъи. Гьелъие ахир лъеялъе буго цо нух — кӏиябго тухумалда гьоркьор ригьнал гьаризе ккола. Гьез хинлъизарила согӏал ракӏал, гӏагарлъизарила хъизамал, тӏагӏинабила тушманлъи», — ян. Гьез малъухъе, кӏиябго тухумалда гьоркьор гьарун руго ригьнал, ккун буго гьоркьоблъи, щулалъун буго рекъел, лъугӏун буго чӏвай-хъвей, тарихалде ун буго тушманлъи.\nБиялъ би чуруларинги абун, шаргӏалъ лъикӏаблъун бихьизабуна къисасалъул бакӏалда рецӏел (дият) боси. Рецӏел щвезабулаан живго бидулас, гьесул гӏагарлъиялъ ва жамагӏатчагӏаз. Гьел унаан чӏварасул минаялда аскӏоре. Гьенире щолаго, бидулас ва гьесул цересел гӏагарал чагӏаз тӏагърал рахъулаан. Гьезда аскӏове вачӏунаан чӏварасул гӏагарлъиялъул бищун херав ва къадруяв чи. Гьес абулаан: «Аллагь тӏаса лъугьаги нужедаса», — ян. Гьеб мехалда накабазда гьесда цере чӏолаан бидуласул гӏагарал чагӏи.\nРецӏел кьун хадуб бидулас чӏварасул гӏагарлъи ахӏулаан жиндихъего кваназе. Кванде байбихьилалде кӏиябго тухумалъул бихьиназ кверал рачунаан. Хадуб лъугьунаан ракълилаб ахӏвал-хӏал.\nРоссиялда гьоркьобе Кавказ бачиндал, хӏукуматалъул законаз гьукъана гӏемерисел некӏсиял гӏадатал ва загӏиплъана къисас босулеб гӏадаталъул къуват. Россиялъул Уголовнияб кодексалъ чи чӏвай рикӏкӏуна кӏудияб такъсирлъун ва къисас босарав чи гӏемерал соназ эркенлъиялдаса махӏрум гьавула. Амма жакъаги камулел гьечӏо бидул къисас босиялъул лъугьа-бахъинал. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина.\nГьаб заманалъул бищун машгьураб къисас босилъун лъугьана Россиялъул архитектор, асатӏинав Виталий Калоевасул иш. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Испаниялда, минабазул проектал рахъулев чилъун. Гьесул лъади Светлана йикӏана Осетиялда, кӏиго лъимергун цадахъ. 2002 соналъул июлалда гьел Москваялдаса Барселонаялде самолеталдаги рекӏун роржунел рукӏана. Амма, Швейцариялъул диспетчер Петер Нильсонил тохлъиялдалъун, гьел рекӏараб Ту-154 дандречӏчӏана Boeing-757 самолеталда. Гьеб авариялда хвана Калоевасул хъизам. Гьелъие гӏайибияв Нильсон тамихӏалде цӏачӏого теялъ гьалаглъана Калоевасул ццим. Авария ккун лъагӏел бараб къоялъ, данделъаразда рагӏизабун, Калоев гьедана диспетчерасдаса къисас босизе бугилан. Гьес лъазабуна Нильсонил адрес ва 2004 соналъул 24 февралалда, лъадул ва лъималазул суратгун, гьесухъе ана. Сурат бихьидал, Нильсоница Калоев нахъе тункана ва, кьабун квергун, сурат бортизабуна. Гьесда кӏиго хъачӏаб рагӏиги абун, Калоевас диспетчерасда нус чӏвана ва гьениса лъутана. Кӏиабилеб къоялъ гьев гостиницаялда полициялъ ккуна. Швейцариялъул судалъ гьесие къотӏана микьго сонил туснахъ.\nНури Нуриев"}
{"slug": "giumruyalul-darsal-magiarulaze-amanat-gaburav-giakilasul-vas", "url": "https://hakikat.info/?nationals=giumruyalul-darsal-magiarulaze-amanat-gaburav-giakilasul-vas", "title": "«Гӏумруялъул дарсал» магӏарулазе аманат гьабурав гӏакъиласул вас", "date": "2026-05-22 14:33:11", "categories": ["insan", "kultur", "magiarukh", "obrazovanie", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Нахъеги — гӏагараб районалде, хунздерил тӏалъиялде. Нахъеги — Цӏада росулъе. Гӏакъил Цӏадаса Хӏамзатил минаялъухъе гьоболлъухъ. Гьаб нухалда — гьесул гьитӏинав вас Хӏажиясул нусгосонилаб юбилеялде. Гьале доб мина. Магӏарулазе Хӏамзатги кьураб, дунялалъул адабияталъе Расулги кьураб, Дагъистаналъеги Северияб Кавказалъеги тӏоцевесев академикги кьураб хӏикматаб мина. Гьаб минаялъуб бижанщинаб гӏакъиллъи! Гьаниса боржанщинаб машгьурлъи! Гьале гьаб минаялъ цӏар рагӏизабуна Дагъистаналъул.\nГьале дол кьурабиги, цӏигьулдерил росдал парахалъиги цӏунун чӏухӏадго эхетун ругел. Гьале дол сухъмахъалги… Гьал сухъмахъаздасан дол кьурабазухъе кӏудияв вац Расулгун цадахъ чанги харун ватила гьитӏинав Хӏажиявги. Гьале росдал къватӏал. Гӏодов ккун, тӏаде вахъун вукӏинесев гӏалимчияс къойил чан нухалъдай гьел мерхьунел рукӏарал. Гьале гьаб инсул минаялъул кӏалтӏаса байбихьулел дол нухазги доле дол сухъмахъазги нухарегӏана кӏиявго вац кӏудияб дунялалде. Гьале доб мина. Расулил асаразулъ даим чӏаго букӏине бугеб инсул мина.\nХӏамзатил гӏакъиллъиялъул ирсиласухъе\nГӏажаибаб чӏаголъи букӏана араб анкьалда Цӏада росулъ. Гьеб хӏадурлъун букӏана дунялалдаго жиндир цӏар рагӏизабурал васазул цояв Хӏамзатил Хӏажиясул гӏелмияб гьунаралъе бетӏер къулизе ва тӏаде щолел ругел гьалбал къабул гьаризе.\nРадал гӏуж. Москваялдаса ва Махӏачхъалаялдаса рачӏарал гьалбал, росуцоял, районцоял, инсулги кӏиявго васасулги пагьму-гьунаралъул адаб гьабулел гьалбал данделъун рукӏана Хӏамзатиеги, Расулиеги, Хӏажиясеги рарал памятниказда цере — ракӏалде щвезавуна гьезул щивав. Ва гьалбал гӏедегӏана хӏикматаб минаялъухъе.\nГьаб нухалдаги музеялъул директор Гӏайшат Патахӏовалъ, гӏалимзаби Ибрагьимил Мухӏамадица ва Гӏабдулкъадирил Мухӏамадица, профессорал Мухӏамадхан Мухӏамадхановас ва Камил Ландаца, Тӏанусиса Хъайтмаз Гӏабдулхаликъовас, Дагъистаналъул халкъияв художник Гӏамирхан Мухӏамадовас рицарал харбазухъ, ракӏалдещвеязухъ гӏенеккидал, ракӏ хӏайранлъулеб букӏана инсулги васазулги гӏадатлъиялъухъги гӏаданлъиялъухъги. Гьеб гӏадатлъиялъ рачунги ратила гьел гӏумруялъул бищунго тӏадегӏанал тӏогьазде. Хӏикмалъизе ккараб хӏужа гьечӏищха — щибаб машгьурлъиялда хьолбохъ батулеб буго гӏадатлъи. Ва гьелъулъ, тӏоцебесеб иргаялда, батила машгьурлъиялъул балъголъиги.\nГьалбадерил хадусеб сапар букӏана «Хъахӏал къункъраби» комплексалде. Гьениб тӏобитӏана Северияб Кавказалъул тӏоцевесев академик ва гьабсагӏаталдаги филологияб гӏелмуялда цохӏо гурони Северияб Кавказалда гьечӏев академик Хӏажи Хӏамзатовасе сайгъат гьабураб гӏелмияб конференция. Гьеб нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, ИЯЛИялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Ахӏмад Муртазагӏалиевас.\nКӏалъазе рахъарал филологиял гӏелмабазул доктор, профессор, ДГПУялъул филологияб факультеталъул кафедраялъул нухмалъулев Мухӏамад Ибрагьимович Мухӏамадовас, филологиял гӏелмабазул кандидат, ИЯЛИялъул отделалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдулкъадировичас, тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамадхан Мухӏамадхановас, филологиял гӏелмабазул кандидат, ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Патӏимат Гӏалибеговалъ, Цӏада росдал Хӏамзатил музеялъул директор Гӏайшат Патахӏовалъ, Щотода росдал аслияб школалъул гӏурус мацӏалъул учитель Анжела Мухӏидиновалъ, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏ. Лабазановас бицана гӏалимчиясул ва гьесул гӏелмиял хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ, ракӏалде щвезаруна гьесул гӏумруялдаса цо-цо лахӏзатал. Рукӏана росуцоязулги гӏагарлъиялъулги кӏалъаялги.\nКонференция ана тӏадегӏанаб даражаялда. Гьелъие гӏиллалъунги, тӏоцебесеб иргаялда, букӏун батила гьеб магӏарул мацӏалда бачин, тадбирал рахьдал мацӏалда тӏоритӏи къанагӏалъараб гьаб заманалда.\nГьелдаса хадур данделъана Хунзахъ Ш. Шамхаловасул цӏаралда бугеб культураялъул кӏалгӏаялъур. Тадбир байбихьана академик Хӏажи Хӏамзатовасул гӏелмияб гӏумруялъул ва къисматалъул хӏакъалъулъ бицунеб фильмалдасан.\nХадуб тадбир нухда бачана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Жавгьарат Хъайтмазовалъ ва Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралъул артист Белек Гӏабасовас. Районалъул Культураялъул кӏалгӏаялъул хӏалтӏухъабаз бихьизабуна Хӏамзатил Расулил асараздаса гӏуцӏараб литературиябгун музыкалияб композиция. Дагъистаналъул Хӏукуматалъул рахъалдасан академикасул юбилей баркана вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадовас.\nГьалбадерие музыкалияб салам кьуна Белек ва Салман Гӏабасоваз, «Кочӏолаб Чӏарада» бихьиназул хоралъ, Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка, Хунзахъ районалъул культураялъул рукъалъул хӏалтӏухъан Гӏайшат Тажудиновалъ, Авар театралъул артистка Амина Гӏабдулатӏиповалъ ва цогидазги. Районалъул культураялда цере ругел кьурдул ансамблязги жигараб гӏахьаллъи гьабуна дандеруссиналда. Гьенив кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевас цоги нухалда ракӏалде щвезавуна Хӏамзатил Хӏажияв ва районалъул рахъалдаса кӏудияб баркала загьир гьабуна ва Хӏурматалъул грамотаби кьуна, Москваялда гӏумру гьабун вугониги, Дагъистаналда тӏоритӏулел аслиял тадбиразда гӏахьаллъулев ОСПДялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаракатчи Тажудин Исрапиловасе ва Москваялда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб библиотекаялда Хӏажи Хӏамзатовасе сайгъат гьабураб тадбир тӏобитӏаралъухъ ва академикасул хӏакъалъулъ фильм бахъиялда гӏахьаллъарав Мурад Магаевасе.\nБайрамалъул ахиралда эмен кӏодо гьавун тадбиралда гӏахьаллъаразе баркала кьуна Хӏажиясул вас Хӏамзатица.\nХунзахъе гьабураб сапаралдаса хъвараб гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго Хӏажи Хӏамзатовасе сайгъат гьабураб «Росдал захӏматчи» газеталда батараб ИЯЛИялъул хӏалтӏухъан Мариза Мухӏамадовалъ хъвараб кочӏол куплеталдалъун:\n«Гӏумруялъул дарсал» магӏарулазе\nАманат гьабурав гӏакъиласул вас,\nГьитӏинаб Дагъистан дуниялалда\nРагӏизе гьабурав шагӏирасул вац…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "tohtur-hudozhnik", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tohtur-hudozhnik", "title": "Тохтур-художник", "date": "2026-05-23 09:35:04", "categories": ["insan", "lit", "med"], "text": "15 маялда Россиялда кӏодо гьабула Хъизамалъул къо. Нилъеца гьеб къоялде ракӏалде щвезарула гӏемер лъимал ругел хъизамал. Жакъа дие бицине бокьун буго бахӏарчияв инсул хӏакъалъулъ.\nРекӏее гӏагарал тӏиндал кӏоченчӏо\nМухӏамад Бахӏричилов гьавуна 1936 соналъул ноябралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. 1961 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институт ва хӏалтӏизе ана Цӏумада районалде. Хӏалтӏана Тӏинди росдал участокалъулаб больницаялда хирурглъун. «Къваригӏарал дарабаздалъун, медицинаялъул алатаздалъун хьезабиялъул рахъалъ къварилъи букӏаниги, дида жеги ракӏалдаса унаро Тӏинди росулъ хӏалтӏараб заман. Дирго гӏагарал чагӏазде гӏадинаб букӏуна жакъаги гьезул гӏадамазде бербалагьиги. Рокьула рихьизе. Дида лъалел чагӏи гьечӏониги, гьелгун дандчӏвайдал, батӏияб асар гьабула ракӏалъе. Гӏадамазул кутакалда хӏурмат гьабулел чагӏи ратана гьел», — ан ракӏалде щвезабуна Мухӏамадица.\nХадув вукӏана райлечебобъединениялъул бетӏерав тохтурасул заместительлъун. 1967 соналдаса нахъе хӏалтӏана Дагъистаналъул МВДялъул санчасталда: поликлиникаялъул, госпиталалъул начальниклъун. 2026 соналда, лъабго моцӏалъ цеве, пенсиялде ана гьев. Хӏалтӏулаго, тӏуразе ккана хирургасул, терапевтасул, фтизиатрасул ва цогидал хъулухъал. Бищунго захӏматаблъун гьес рехсана унтарав сахлъизавиялъе шартӏал чӏезари. Гъалатӏ биччазе бегьулареб махщеллъунги рехсана хирургасул пиша. «Щибаб махщелалъул рукӏуна хаслъаби, амма хирургасул гъалатӏалъ инсан чӏвазе бегьула», — ян абуна гьес.\nГъалатӏ борчӏунгутӏизе медицинаялъул гӏемерал тӏахьал цӏалана Мухӏамадица. «Районалда хӏалтӏулев тохтурасул рес букӏунаро пишацояв цогидав тохтурасулгун гӏакълу дандбазе. Гьединлъидал цӏализе ккола медицинаялъул цӏирагьиязул хӏакъалъулъ бицунел гӏемерал тӏахьал. Почалдасан рачӏинарулаан дица гьел. Гьедин гӏуна кӏудияб библиотека. Гӏемерал тӏахьал сайгъат гьаруна гьудулзабазе, гӏолохъанал тохтурзабазе.\n«Жакъа унтарасе гьабулеб кумек гӏемерго цӏикӏкӏараб буго. Дун хӏалтӏизе байбихьараб заманалда рес букӏинчӏо унтиялъул мухӏканаб цӏех-рех гьабизе. Гӏемерисеб мехалда тохтурасул лъаялдаги хӏалбихьиялдаги мугъчӏвалаан, диагноз лъолаго. Гьанже руго унтиялъул цӏех-рех гьабулел батӏи-батӏиял къагӏидаби, аппаратал, анализазе хӏалтӏизарулел реагентал. Тохтурасулги буго гӏатӏидаб лъай – медицина цебетӏун буго кутакалда. Гьединлъидал гӏемерлъун руго унтабазул тайпабиги гьезие дару гьабулел къагӏидабиги», — ян бицана тохтурас.\nБигъараб къисмат\nЗаман щведал, Мухӏамадицаги гьабуна хъизам. Гьезие гьаруна лъималги. Амма хъизамалъул рахъалъ битӏккечӏеб батана гьесул къисмат. Хъизам биххиялъе гӏиллалъун рокьи тӏагӏинищ ккарабан гьикъидал, гьадинаб жаваб кьуна Мухӏамадица: «Нилъер магӏарулазул рокьиго гӏемер букӏунеб батиларо. Амма чӏужугӏаданалда лъазе ккола, жинца росасул гуребги, гьесул эбел-инсулги, вац-яцазулги, тухумалъулги адаб-хӏурмат гьабизе кколеблъи. Гьебго бичӏчӏизе ккола бихьинчиясдаги – лъадул гӏагарлъи кӏодо гьабизе кколеблъи. Цоцазул адаб-хӏурмат гьечӏони, хъизамалъул битӏкколаро», — ян. Хӏикматаб гӏакъиллъи гъорлъ бессараб жаваб… Пайда щибха, жакъасеб гӏелалъул гӏинзуниб лъезе анищ гьеб пикру, риххулел хъизамал гӏемерго дагьлъилаан.\nМухӏамадица тӏокӏалъ чӏужу ячинчӏо. Квен хӏадуриги, рукъ бакӏариги, партал чуриги – къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ бегун буго гьесул гъуждузде. «Вузалда цӏалулаго, лъай камил гьабиялъул курсазда вукӏаго, ругьунлъана дун квен гьабизеги рукъ тӏубазеги. Азербайжаналда, Грузиялда 4-5 моцӏалъ цадахъ ккарал гьалмагъзаби ратана бергьарал богогьабилъун. Гьездаса ругьунлъана дунги. Интересаб гӏелму буго богогьанлъи. Дица гьелъул хӏакъалъулъ бицунел ва батӏи-батӏиял рецептазул тӏахьалги гӏемер цӏалула», — ян бицана гьес.\nГьелде тӏадеги, тӏалаб гьабизе ккана ботӏрое щвараб ругъуналъул хӏасилалда сакъатлъарав васасулги. Дихъа, чӏужугӏаданалъухъа, кинго цебечӏезабун бажаруларо руччабазул кверго квалулареб мина-руссен. Нур свараб букӏуна эбел гьечӏеб лъимадул гӏумру. Азарцӏул дунял бецӏлъулин ккола, сакъатав чиясда аскӏой гьесул унти бигьалъизабулей, гьесие квенги рацӏцӏалъиги чӏезабулей чӏужугӏадан (эбел, яц, лъади) гьечӏеб мехалда.\nУнтарав васасул тӏалаб жинцаго гьабула Мухӏамадица. Тохтур вукӏиналъ, бигьалъулебги батила гьесие гьеб, амма… гӏемерал, талихӏкъосиналъ, жаваб гьечӏел суалал рижана дилъ. Мухӏамадие бокьичӏо гьелъул хӏакъалъулъ бицине, рузманкъоялъ мунагьалъукье ккезе бокьун гьечӏин абуна гьес. Дидаго ракӏалде ккана: эбелалъулаб рокьи-хинлъиги кьун, бусаде ккарав инвалидасе хъулухъ гьабулев эмен Бахӏарчи вугин! Аллагьас сахлъиги сабруги кьеги гьесие!\nИскусствоялде рокьи\nТохтурлъиялъул захӏматаб ишалдаса хӏухьбахъиялъе санагӏатаб къагӏидалъун М. Бахӏричиловасда батана суратал рахъи. Школалда цӏалулеб заманалда машгъуллъана гьев гьелде. Гьес хӏадурулаан классалъул къадал газета ва тӏоцебесеб нухалда гьелъие рахъана сураталги. Гьитӏинго гьелда квалквадиялдаса бижана тӏадегӏанаб искусствоялде кӏудияб рокьи. Аслияб куцалда гьес рахъула гӏадамазул суратал, портретал. Амма гъираялда хӏалтӏула гьев натюрмортал ва тӏабигӏаталъул берцинлъи рагьулел суратазда тӏадги. Жинцаго суратал рахъиялда гӏей гьабичӏо гьес – байбихьана профессионалиял выставкабазде хьвадизе. Гьедин ккана художниказулгун лъай-хъваял. «Батӏи-батӏиял шагьаразде хӏалтӏул сапарал гьаруна дица. Киве щваниги, тӏоцебесеб иргаялда унаан Суратазул галереялде, халкколаан гьел рахъиялъул къагӏидабазухъ», — ан абуна тохтур-художникас.\nСуратал рахъизе заман кида дуда батулебан гьикъидал, Мухӏамадица гьадинаб жаваб кьуна: «Дида тӏадаб хӏалтӏи гьабун бахъиндал, суратал рахъизе гӏодов чӏола дун. Рахъула фотоаппараталъги къалмицаги, хадуб – батӏи-батӏиял релъеназ. Бакъанида байбихьула, мех-мехалда шамат-гьатӏан къояздаги вукӏуна суратал рахъулев. Гьел рахъичӏого чӏезе кӏоларо. Гьабсагӏаталда, беразул канлъи мукъсанлъиялда бан, цодагьав тохлъун вуго дун. Гьабулеб буго дару-сабаб ва хьул буго мадар лъугьиналде», — янги абун, М. Бахӏричиловас рихьизаруна Дагъистаналъул Суратазул галереялда тӏоритӏарал жиндир выставкабазул альбомал, буклетал. Щуго-анлъго выставка тӏобитӏун бугоан гьесул, ва гьесул хӏаракаталъе кьураб тӏадегӏанаб къиматлъун ккола «ДРялъул мустахӏикъав художник» абураб гьесие кьураб цӏарги.\nГьанже МВДялъул санчасталда буго Мухӏамад Бахӏричиловас рахъарал суратазул персоналияб галерея. «Инсан хвезе вижарав вуго. Дица гьел суратал цадахъ инаро, гьединлъидал пикру ккана гӏемерал соназ дунго хӏалтӏараб бакӏалъе дир ирс сайгъат гьабизе», — ян бицана тохтур-художникас. Галереялъул къадазда чӏван руго цадахъ хӏалтӏарал тохтурзабазулги, медицинаялъул гӏалимзабазулги, низам цӏунулел идарабзул хӏалтӏухъабазулги, машгьурал шагӏирзабазулгун хъвадарухъабазулги, политикиялгун жамгӏиял хӏаракатчагӏазулги, СССРалъул, Россиялъул ва Индиялъулгицин актеразулгун кочӏохъабазул суратал. Берцинго къачӏараб галереялда тӏоритӏула тохтурзабазул данделъаби, кьола студентазе дарсалги. «Анкьнусгониги сурат бахъана дица. Киназего бакӏ гӏечӏо галереялда. Гӏемерал гӏадамазе сайгъатги гьаруна гьел. Кьуна ралъдал рагӏалда бугеб Реабилитациялъул централъеги гӏагараб росдаеги», — ян абуна Мухӏамадица.\nДРялъул мустахӏикъав тохтур М. Бахӏричиловас исана тӏубазе буго 90 сон. Гьездаса 65 сон кьуна гьес дагъистаниязул сахлъи цӏуниялъе. «Араб гӏумруялдаса рази вуго дун. Дихъа бажарараб кумек гӏадамазе гьабулаго ана гьеб. Цадахъ рукӏана гӏаданлъи бугел, лъай камилал ва лъикӏлъиялъе гьарзаял гӏадамал», — ан абуна гара-чӏвариялъул ахиралда тохтур-художникас.\nКавсарат СУЛЕЙМАНОВА"}
{"slug": "kismatalul-80-abileb-sveriyalda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=kismatalul-80-abileb-sveriyalda", "title": "Къисматалъул 80-абилеб свериялда", "date": "2026-05-25 13:37:31", "categories": ["insan", "kultur"], "text": "Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин,\nГӏураб росулъгӏаги дир цӏар хутӏани,\nХабалъ дун лъолелъул, росдал жамагӏат,\nГӏадан ватӏалъанин, пашманлъанани…\nМухӏамад Биясланов. Шагӏир. Гӏадатияв инсан. Унго-унгояв магӏарулав. Мухӏамадил кучӏдуз кӏудияб асар гьабулаан ва гьанжеги гьабула дие. Гьел руго гӏадатиял, цӏалдолезда ричӏчӏизе бигьаял. Гьезулъ нилъеда батула, тӏоцебесеб иргаялда, гӏаданлъи, яхӏ-намус цӏунейилан балеб ахӏи, гьединго гьесул лирикиял асараз нилъ рачуна рикӏкӏада хутӏараб гӏолохъанлъиялъул гӏидраялде, ракӏалде щвезарула тӏоцебесеб рокьиги рокьул махӏ бахъарал къоялги.\nШагӏирасул буго щибго цӏекӏлъи гьоркьоб гьечӏеб, роцӏараб, бацӏцӏадаб, мугӏрул иццазул чвахиялъул гьаракь жиделъ бугеб гӏищкъул дуниял. Гьаб макъала хъвазе ракӏалде ккелалдеги, чанго нухалда цӏалана дица Мухӏамадил цохӏого цо бугеб «Рекӏел хьул» абураб тӏехь. Гьанир ратана дие гӏагараллъун даим хутӏизе ругел, макъалаялда цере лъурал шагӏирасул жугьаби. Доб заманалда лъие асар гьабичӏеб Россиялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Магаевалъ Мухӏамадил рагӏабазда ахӏулеб букӏараб Афгъанистаналда чӏварав Тӏелекьа гӏолиласул хӏакъалъулъ кечӏалъ. Шагӏир Мухӏамадил кинаб кечӏ босаниги, гьеб буго гӏумруялъул дарс.\nГьал къояз редакциялде гьоболлъухъе вачӏун вукӏана Мухӏамад Биясланов. Газеталъул коллективалъги баркула Мухӏамадида гьесул гӏумруялъул 80 сон. Гьарула гьесие щулияб сахлъиги, пагьму-гьунаралъе — дагьабги борхалъиги, пикрабазе — тӏадегӏанлъиги. 80 сон. Гьеб гӏемер гьечӏо шагӏирасе. Гьеб ригьалда гьесул асаразулъе чвахулеб букӏуна гӏумруялъул хӏалбихьиги ккарал гъалатӏазе кьолеб ритӏухъаб къиматги.\nГӏагараб Тӏелекь росулъ анкьгосонилаб школаги лъугӏизабун, Мухӏамад цӏализе ана Буйнакскиялъул педучилищеялде. Гьединго лъугӏизабуна ДГПИялъул филологияб факультетги. 35 соналъ хӏалтӏана гӏурус ва авар мацӏазул, историялъул учительлъун гӏагараб районалда, Махӏачхъалаялда, Чонтаулалда, Акнада, Кироваулалда (Манапхъалаялда).\nУчитель. Шагӏир. Лъикӏав инсан – гьадинал руго Мухӏамадил къисматалъул сверабазда цӏаралги. 80-абилеб свериялде вахунагоги, гьев ритӏухъавлъун хутӏана гьел киналго цӏаразе.\nРачӏаха, хӏурматиял цӏалдолел, нилъецаги цадахъ гьитӏинабго сапар бухьинин тӏадегӏанлъиги гӏаданлъиги кӏудиял Мухӏамадил асаразухъе. Гьез бицина нилъее шагӏирас нахъа тарал нухазулги, гьезул сверабазулги, магӏарул адабияталда гвангъараб лъалкӏ толеб бугел шигӏрабазулги хӏакъалъулъ. Цӏидасанги рагӏила нилъеда гӏагараб ракьалъухъги рокьулел гӏадамазухъги урхъараб шагӏирасул, ассаламу гӏалайкум, гӏамал бахӏарчияб халкъилан ахӏулеб гьаракьги. Гьелъул гурищ бугеб шагӏирасул талихӏги, миллаталъул ургъелалги тӏалабалги жиндираллъун лъугьин:\n— Дунялалда рагӏизе, магӏарулал ругеблъи,\nАхӏизе мех щун гьечӏищ киназго, цолъун, цо кечӏ!?\nДица кучӏдул хъвана магӏарулазе\nАссаламу гӏалайкум, гӏагарал магӏарулал!\nГӏолохъаби цӏа гӏадал, хараби ралъад гӏадал,\nГӏумруялъул аслулъун Аллагьасул нух ккурал,\nХасаб яхӏалъул кьучӏда кьурулъун намус тарал…\n— Дие кидаго бокьулаан кучӏдул хъвазе. Хъварал асаралги газетал-журналаздаги рахъулаан. Иргадулаб нухалдаги дица кучӏдул ритӏана газеталде рахъизе. Заманалдасан дие жаваб бачӏана кучӏдузул гӏемерго тӏад хӏалтӏизе кколеб хӏал бугилан абун. Къокъаб хӏасил, кучӏдул лъугьун гьечӏилан бичӏчӏизабуна. Ва дида ракӏалде ккана кучӏдул хъвачӏого тезе. Доб заманаялъ, гьанже гӏадин, шагӏирзабаз цогидазул кучӏдул къачӏалеб гӏадатги букӏинчӏелъулха. Амма Каримулагь Гӏабдулаевас дун тӏадвуссинавуна дирго шигӏрияб дунялалде. Гьесул насихӏатаздаса хадуб дица цӏидасанги байбихьана кучӏдул хъвазе. Дица кучӏдул хъвана магӏарулазе. Гьез кьела гьезие къиматги, — ян байбихьана Мухӏамадица нижергун гара-чӏвари.\nХъвана магӏарул композитораз гьесул кучӏдузе бакънал. Аслияб къагӏидаялда рехсезе бокьун буго Каримулагь Гӏабдулаевасул цӏар. Гьел цадахъ хӏалтӏулел рукӏана Чонтаул росдал школалда учительзабилъун. Дагъистаналъул халкъияв артист Хӏажилав Хӏажилаевас ахӏулеб жиндир 27 кочӏое бакъанги хъванин Каримулагьицайилан ракӏалде щвезабуна Мухӏамадица. Гьадин хъвана гьес бакъназул устарасул хӏакъалъулъги:\n— Дур бакъналъан дида мугӏруз щурула,\nМагӏарул намус-яхӏ рехугейилан.\nРорхалъалабазда цӏумал роржуна,\nЦӏваби ругин нилъер гӏадамалилан…\nДур бакъназулъ дида булбул бихьула,\nБай рокьуй какилан, кучӏдул ахӏулеб.\nХӏасраталъул ралъдал гьулчи рагӏула,\nГьечӏин гӏумру гӏадаб берцинлъийилан…\nМ. Бияслановасул кучӏдул къабул гьаруна магӏарулаз. Гьелъул магӏнаги ккола шигӏруялъе кьураб Мухӏамадил гӏумруги гӏадада инчӏин абураб. Мухӏамадил шигӏрабазе кӏиабилеб хӏухьел кьуна бакъназул устар Каримулагь Гӏабдулаевасги кочӏохъаби Патӏимат Магаевалъ, Мухӏамадтӏамир Синдикъовас, Хӏажилав Хӏажилаевас, Апанди Исмагӏилхӏажиевас, Тӏелекьа Хӏабибица, Хӏусен Гӏамирхановас ва цогидазги.\nВа гьале цӏидасанги рагӏулеб буго дида гӏагараб магӏарул миллаталъулги Дагъистаналъул букӏинеселъулги пикрабазда вугев шагӏирасул гьаракь:\n— Нилъер чорхолъ бугеб би цо умумузул гурищ?\nРачӏа рекъон хӏалтӏизе, хӏурмат цоцазул гьабун…\nРачӏа, къец бан, босизе гӏелмуялъул борхалъи,\nГӏакълуялъул гъварилъи, адабалъул берцинлъи!\nРачӏа, къец бан цолъизе, цадахъ церехун ине,\nЦоцазда гъуждулги цун, цо нухдасан рилълъине!\nМун вуго талихӏав чи\nГьадин хъвалеб буго шагӏирас цо кочӏолъ. Сундулъха бугеб инсанасул талихӏ. Гьелъул хӏакъалъулъ жиндирго пикраби руго Мухӏамадил. «Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин» абураб кечӏалъго гӏадин, гьелъги гӏумруялда тӏад ургъизе тӏамуна дун. Ва ракӏалде ккана кечӏ гьаниб тӏубанго кьезе:\n— Ватани гӏагарав чи, ракӏ-ракӏалъ мун вокьулев,\nБикьун, дур бакӏлъиялъул раччи мугъзада балев,\nБалъгояб жахӏда гьечӏев, лъороб лъун гамачӏ гьечӏев,\nГьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи!\nВатанани мадугьал, дур рукъ къватӏиб чӏваларев,\nЧӏчӏел босизе цингӏаги мун виччазе къасд бугев,\nКъадру дур борхизелъун, рагӏи абун, кӏалъарав,\nГьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи!\nВатани жеги гьудул, гьитӏинаб мехалъ ккарав,\nКкани, гьесие гӏоло, дуца къо рехуларев,\nГьев, дуе хӏажалъани, хӏалае гъеж гурулев,\nГьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи.\nРатичӏони рикӏкӏалъун бищунго цӏакъ хириял,\nРагӏичӏеб ххвелги гьабун, «гарица дур хур чӏвайдал»,\nХвезабун батичӏони жидеде бугеб божи,\nГьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи!\nГьаб кӏиябго кечӏалдасан бичӏчӏулеб буго нилъеда инсанасул гӏумруялъул талихӏ сундулъ бугебали. Гьаниб бицунеб гьечӏо бечелъиялъул, ресалъул, кӏудиял хъулухъазул. Гӏицӏго рехсон руго, гӏумру берцинлъиялъе къваригӏунел дагьа-макъалго шартӏал – инсанасул хьвада-чӏвади, гӏамал-хасият, вукӏа-вахъин.\nГьадинаб буго Мухӏамадил шигӏру. Гьадинал руго шагӏирас нилъее толел ругел гӏумруялъул дарсал. Гьадинав вуго живго Мухӏамадги. Гьадинавлъун вачӏана гьев жиндирго къисматалъул 80-абилеб сверуде.\nХъахӏаб гӏаздада тӏад гӏинтӏидул тӏегьлъун\nВа макъалаялъул ахиралдаги яккизе бокьун буго Мухӏамад Бияслановасул шигӏрияб улкаялда хасаб бакӏ ккурал, аза-азар тӏогьол махӏалъ лъалъарал, хъахӏаб гӏаздада тӏад гӏинтӏидул тӏегьлъун кенчӏелел ругел лирикиял асаразухъе. Гьале гьаб нухалда рагӏизе лъугьана Хӏажиласул гьаракь:\n— Хъахӏаб гӏаздада тӏад гӏинтӏидул тӏегьлъун\nТӏегьан йихьана мун дида тӏоцее.\nКъаси бецӏаб сардилъ рогьалил цӏвалъун\nЯккун ячӏана мун дир гӏумруялде…\nЯги:\nАза-азар тӏогьол махӏ тӏабигӏаталда буго,\nМагӏарул тӏогьол гӏадаб тӏагӏамаб дие гьечӏо.\nАза-азар берцинал ясал дун сверун руго,\nАмма, гьудул, дур гӏадаб дие берцинлъи гьечӏо…\n* * *\nМухӏамад Бияслановасул гьунаралъе сайгъат гьабураб гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго гьесулго рагӏабаздалъун:\n-… Магӏарулал цолъани, цадахъ цо кьерда чӏани,\nКьуризаризе кӏолеб къуват гьечӏо ракьалда!\nРачӏа, вацал, цолъизе, цадахъ бакъан тӏамизе,\nКъадру тӏубан хвелалде, тӏагъур нилъерго лъезе!\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "tuhumalul-mahshhalie-ritiuhal-chiegieroval", "url": "https://hakikat.info/?nationals=tuhumalul-mahshhalie-ritiuhal-chiegieroval", "title": "Тухумалъул махщалие ритӏухъал Чӏегӏеровал", "date": "2026-05-25 13:45:16", "categories": ["insan", "k-ismatal-ul-kag-tal", "magiarukh", "rakialdeshchvej", "rosdal-magiishat", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Абула мажгиталъул къадалъ лъураб цо гамачӏ хӏеж борхиялда бащалъулин. Гьедин бугониги, нухазе хӏадурараб гамачӏ мажгиталъе хӏалтӏизабизе бегьуларо. Инсанас гьарулел киналго хӏалтӏабазда гьоркьосан нухал гьариги кьоял райги рикӏкӏуна бищунго цӏикӏкӏун кири щолеллъун. Бицине бокьун буго гьединаб камилаб лъалкӏ ракьалда толеб, тухумалъе квербакъарав, Шамил районалъул Гӏурада росулъа Чӏегӏеразул Хӏажил ва гьесул нухдасан арал хъизамалъул гӏагарлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьанибго абила Чӏегӏеразул хъизамалъул нухал гьарулаго араб гӏаммаб хӏалтӏул стаж 150 соналде гӏаралъанин.\nХӏажи — Чӏегӏеровазул цевехъан\nЧӏегӏеров Хӏажи гьавуна 1903 соналда Къахӏиб районалъул Гӏурада росулъ ичӏго лъимер бугеб кӏудияб хъизамалда. Гьесул эмен Сидул Чӏегӏеро гӏумруялъго хӏалтӏана нухал гьариялда ва кьоял раялда. 1921 соналда, хъачагъаздаса Лъануб росу эркен гьабулеб рагъда гӏантаб гулла щун, эмен чӏвана, бесдаллъана ичӏабго лъимер. Гьеб балагьалдаса хадуб, кӏудияв вас Хӏажиде бегана хъизамалъул жавабчилъи. Хъизам хьихьизе эбелалъе кумек букӏинеян, гьес гьабизе ккана гьабигьанлъиги вехьлъиги. 1923-1928 соназда, дагьабниги гӏарац щолеб бакӏ абун, хӏалтӏана Аваро-Кахетия нухда, нухал къачӏалев чилъун. Гӏолиласул хӏалтӏуде бугеб гъира бихьун, 1928 соналда Хӏажи витӏана Буйнакскиялде, нухазул мастеразул курсазде. Цӏали лъугӏун хадув гьев тӏамуна добго нухда мастерлъун. 1931 соналда гьев витӏана Москваялде, лъай- махщел борхизабиялъул курсазде. Гьениса тӏадвуссарабго, тӏамуна гьеб нухлул прораблъун. 1932 соналда Хӏажи тӏамуна Гъуниса Чӏараде бахъулеб нухда хӏажатабщинаб чӏезабулевлъун.\n1934-1938 соназда цӏалун Дагъистаналъул автомобилазулгун нухазул техникум лъугӏарабго, гьев тӏамуна Нухазул управлениялъул инспекторлъун. Гьанибго абила, Хӏажи вукӏана Къахӏиб районалда тӏоцеве нухал гьариялъул махщалие цӏаларав чи. Камилаб лъай-махщелалъул специалист хӏисабалда, Чӏегӏеров тӏамуна батӏи-батӏиял жавабиял хъулухъазде.\nНухазул мастерлъун хӏалтӏана Гъуниб участкаялда ва Аваро-Кахетиялъулаб нухда, 1939-1940 соназда Анцухъ-Лъаратӏа ва 1940-1941 соназда Хайдакъ районалъул Шеляги- Варсит нухазда гьабуна прораблъи. Хадуб, гьесул цӏикӏкӏараб бажари- жавабчилъи букӏин бихьун, тӏамуна гьеб участкаялъул начальниклъун. 1941 соналда, гьениса вачун, тӏамуна Дербент шагьаралъул 421 нухазул эксплуатациялъулаб управлениялъул начальниклъун.\nГӏемер соназ гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ Чӏегӏеров Хӏажие кьуна гӏемерал шапакъатал: 1933 соналда — ударникасул грамота ва рукьалда балеб сагӏат, 1934 соналда — Хӏурматалъул грамота ва велосипед, 1941 соналда — ДАССРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамота ва гь.ц.\nГьалбал хирияв Мухӏамадсултан\nХӏажил баракаталдалъун Гӏурада росулъа бахъана нухазул хӏалтӏабазул махщелчагӏазул цӏар араб хъизам. Гьесул нухдасан ана гьитӏинав вац Мухӏамадсултан. Гьесул захӏматалъул книжкаялда буго цо хъвай-хъвагӏай: «1932 соналъул ункъабилеб октябралда восана №420 ДЭУялъул нухазул хӏалтӏухъанлъун», — абун. Пенсиялде инегӏан, гьоркьоса къотӏичӏого, 46 соналъ гьев хӏалтӏана Гьидерил кьодаса Лъаратӏе унеб нухда мастерлъун. «Гӏумру ана дур нухал гьарулаго, кидагӏаги гьел лъугӏизе ругел?» — абун лъебелаз махсара гьабидал, гьес жаваб кьолеб букӏун буго: «Халалъиялда гӏеблъи бащалъидал, нухазул хӏалтӏи лъугӏула», — ян. Гӏумру гьабунги гьев гьенивго чӏун вукӏана. Гьес абулаан лъебелалги, бежтӏаселги, къелги жиндир гьалбал кколилан. Цониги сордо букӏунароан нухда бугеб гьесул рокъоб лъабго-ункъо гьоболас сордо бачӏеб. Гӏадамаз жакъаги бицуна гьесул лъади Мариянил хинкӏазул чӏахӏалъиялъул, гьалбадерил гьелъ гьабулеб букӏараб адабалъул. (Рекъон букӏина нухлулаз рухӏ рехсеялъе Гьидерил кьода Мухӏамадсултанил ва Мариянил цӏаралги хъван, мемориалияб хъарщи чӏвани).\nЛъайги бажариги бугев инженер\n1934 соналда Махӏачхъалаялъул нухазул техникум лъугӏарав чи хӏисабалда, Хӏажил лъабабилев вац Хӏадис тӏамуна Унсоколо районалъул ДУялъул нухмалъулевлъун. Гьесул хӏалтӏуде бугеб рокьиги, лъайги, бажариги бихьун, 1940 соналда гьев тӏамуна нухазул управлениялъул кӏудияв инженерлъун.\n1946 соналда Терек гӏорда тӏасан кьо балеб ДЭПалъул прораблъун хӏалтӏана, 1947 соналда – ДУялъул кадрабазул отделалъул начальниклъун ва 1954 соналда — ДАССРалъул Нухазул управлениялъул начальниклъун.\nКъадруяб цӏар нахъе тана\nДагъистан бахун къватӏивги машгьурав чи кколаан Чӏегӏеразул Хӏажил ункъабилев вац Асадула. Рагъдаса тӏадвуссиндал, гьев гӏемерал соназ хӏалтӏана хӏукуматалъул жавабиял хъулухъазда, чанцӏулго вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун ва КПССалъул обкомалъул бюроялъул членлъун.\nБуйнакск шагьаралъул округкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулаго, гьес къокъабго болжалалда, мугӏрузул районазул халкъги бахъинабун, цӏигьабун къачӏана рагъул соназ рехун тун букӏараб Гьаркӏасуниб – Багӏараб кьо шагьранух. Гьелдалъун мугӏрузул районазде унеб нух къокълъана 70 километралъ. Гьесул бидулъ бессун букӏана инсанасе лъикӏлъи гьаби, кумек гьарун вачӏарасда кверчӏвай . «Дагъконсерв» цолъиялъул нухмалъулев М.-А. Гӏалиевас абуна: «Асадула ккола Дагъистаналда вугев тӏоцебесеб номералъул бихьинчи», — . «Гидатль – талисман мой и совесть моя» абураб тӏехьалда Суракъат Асиятиловас хъвалеб буго: «Гьес ирсалъе тана жиндирго къадруяб цӏар ва тӏад хӏур хъвазе течӏеб яхӏ-намус. Асадулал зани буго цӏар рагӏарав гӏалим Ибрагьим Хӏажиясул зонода аскӏоб. Гьидерида лъала жидерго машгьурал ракьцоязул къимат гьабизе»,- ян.\nТӏагьиров — унго-унгояв профессионал\nМахӏачхъалаялда нухазул техникумги лъугӏизабун, Чӏегӏеразул яцалъул вас Мухӏамад Тӏагьиров гӏемерал соназ хӏалтӏана республикаялъул нухазул управлениялъул идарабазда ва батӏи-батӏиял хъулухъазда, гӏемерал соназ Дагъавтодоралъул начальниклъун. Дунялалда бараб 59 соналъул 39-яб гьес кьуна нухал гьариялъе. Тӏагьиров вукӏана ралел бакӏазул унго-унгояв махщалилав. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Гьев цӏалулев вукӏана МАДИялда. Багӏараб дипломалда цӏали лъугӏизабизеян нияталда вугев гьесие рес ккечӏо. 1965-1966 соназ рарал кутакал цӏадаз республикаялъул нухазул магӏишаталъе гьабун букӏана цӏакъго кӏудияб зарал. Тӏубанго биххун букӏана 173 кьо, лъеца босун ун букӏана шагьранухазул 26 километр, лъабго моцӏалъ нухал къотӏун рукӏана мугӏрузул анкьго районалде. Гьеб балагь тӏагӏинабиялъе къваригӏун букӏана гӏолохъанаб къуват, мугӏрузул нухазда захӏматал шартӏазда хӏалтӏул хӏалбихьи. Гьединаб гьунаралъул специалист вукӏиналъ, Тӏагьиров Москваялдаса ахӏана. Вачӏинахъего гьев тӏамуна нухазул управлениялъул бетӏерав инженерлъун ва начальникасул заместительлъун. Тӏабигӏияб балагь лъугӏизабиялда бихьизабураб гӏуцӏарухъанлъиялъухъ гьев мустахӏикълъана ДАССРалъул мустахӏикъав бакӏал ралев чи ва ункъо соналдасан РСФСРалъул мустахӏикъав бакӏал ралев чи абурал цӏаразе. Мухӏамад вукӏана нухал гьариялъул ва кьоял раялъул унго-унгояв профессионал. Гьев хӏайран гьавун вукӏана Швейцариялда нухал гьарулел ва къоял ралел къагӏидабаз, гьес абулаан жиндир анищ бугила Дагъистаналъул мугӏрузда гьединалго нухал ва кьоял разеян. Жакъа Тӏагьировасул вас Мухӏамад хӏалтӏулев вуго Дагъавтодоралъул начальникасул заместительлъун.\nМухӏамад — маххул нухазул специалист\nШагьранухазда гурелги, Чӏегӏеровал хӏалтӏана маххул нухаздаги. Гьеб тухумалдаса Чӏегӏеров Мухӏамадица бергьенлъиялда лъугӏизабуна Ростовалъул маххул нухазул транспорталъул институт. Гьенибго лъугӏизабуна аспирантураги. Гьев гӏемерал соназ хӏалтӏана Северияб Кавказалъул маххул нухазул Махӏачхъалаялъул локомотивазул депоялъул начальниклъун. Гьесул вацал Ахӏмад, Гьитӏино ва Гӏалиасхӏаб, нухазул цӏалул идараби лъугӏун хадур, хӏалтӏана нухазда ва, цогидал Чӏегӏеровалго гӏадин, лъугьана лъикӏал специалисталлъун.\nМухӏамадица кидаго вацазда малъулаан: «Нилъер хӏалтӏи гӏадамаз ракӏалде щвезабулеб гьечӏолъиялъул магӏна ккола гьеб лъикӏ гьабун букӏин. Нухал гьари ккола гӏасрабаз гӏадамазул баркалаги Аллагьасул кириги букӏунеб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи. Гьединлъидал тӏадаб буго гьеб лъикӏ гьабизе», — ян.\nПалхӏасил, Чӏегӏероваз цӏунун буго жидерго тухумалъул махщалие ритӏухълъи.\nНури Нуриев"}
{"slug": "halkiyab-kialzul-gunarazdasa-asaral", "url": "https://hakikat.info/?nationals=halkiyab-kialzul-gunarazdasa-asaral", "title": "Халкъияб кӏалзул гьунараздаса асарал", "date": "2026-06-03 11:17:43", "categories": ["deti", "l-imal-nil-er-bukiineseb", "lit", "magiarukh", "magiarul-asaral", "obrazovanie", "umumuzul-kitsabi-va-abiyal"], "text": "Расандизе рикӏкӏунел\nМаргьа, маргьа цикӏулди,\nЦарал гӏундул кӏичӏулди,\nКиго Гӏали вагъулди,\nГӏалил лъимал гъулгъуди,\nГъологӏучӏал квалквади,\nКив вукӏарав, кӏалберцин?\n**\nГьадаб балагьуда тӏегь буго,\nТӏогиб маххул хеч буго,\nАхада гьабал руго,\nГьабахъ гӏадамал руго,\nГӏадамахъ кини буго,\nКини цӏун багӏар буго,\nБагӏар гӏуруца ана,\nГӏурул кету лъабчӏвана,\nЛъарал кету ункъчӏвана,\nУнкъо букӏараб чогьен\nЧехатӏаде рехана.\n**\nМаргьа, маргьа, цӏило, цӏило,\nЦинги гъеду, Гъуниб росу,\nРосдал цӏцӏани, Цӏороса кету,\nКутузул гӏундул, гӏондокьил наку,\nПеркъи, щеркьи, къоркъол мегьед.\n**\nВукӏанила Кӏартилав,\nКанцӏанила нохъоде,\nБеканила квегӏаб бох,\nКватӏанила рокъове,\nВуханила кӏодоца,\nКӏатӏанила инсуца.\n**\nГӏалидибир, вай Дибир,\nДур гьакидул гъваргъвари,\nГъалбацӏалъул гӏергӏери\nГӏангуралъул хьирхьири,\nХьонда мокъокъил къвакъвай.\n**\nЛъабгӏин, гӏанихух, цӏцӏанихух;\nЦӏоробе араб бахьинхӏинчӏ.\nБихьулареб гъалухӏинчӏ,\nГъал къотӏараб накӏкӏихӏинчӏ.\nНикӏкӏилазул гел-гел,\nГелазул чел-чел,\nЧода вугев мун,\nГӏодов вугев дов.\n**\nГьадаб моцӏрол кӏир-кӏири щиб, бело?\nКӏиго бачил балагьи щиб, бело?\nБахӏаралъул хӏеренлъи щиб, бело?\nХакъикъалъул къарумлъи щиб, бело?\n**\nИцил кверал унтун ругин, катан кье.\nКатил цӏилал ригъун ругин, курак чӏвай.\nБакъ щун, щоб ккун,\nЩобил Гӏали рохьов ун,\nРахьдал гиби гебегун,\nГорбогьодал расандун,\nРосонир хинкӏал кьурдун,\nКьурда гӏачи гӏергӏедун\nГӏодор бачал мимидун.\n**\nЧаландарил динг, динг,\nДун вуссана, ва ясал.\nРосе хъуби, речӏчӏе гӏачи,\nГорцӏун ругин жакъа гьал.\nЧаландарил динг, динг,\nДие пос гӏемерлъаги,\nГӏачи нужер цикӏкӏаги,\nЦӏу-цӏун хъуби нахъе росе,\nВа ясал!\n**\nБох басандун, бакӏ басандун,\nБис бекерун, канал ричӏчӏи.\nРичӏчӏи гьороб, гьин хуриб,\nХух магӏарда, гӏи хьонда.\nХьибил бусада, Салим тӏохда.\n**\nАзалидул зангал ругел дир гӏанкӏил,\nЗаит кунал къунщби ругел дир гӏанкӏил,\nМегӏер цӏурал гӏиял ругел дир гӏанкӏил,\nГӏалах цӏурал чуял ругел дир гӏанкӏил,\nЧода цӏакъал васал ругел дир гӏанкӏил,\nВасахъ лъикӏал цӏалал ругел дир гӏанкӏил,\nЦӏоров цӏакъав эмен вугев дир гӏанкӏил,\nГъасда цӏакъай эбел йигей дир гӏанкӏил.\n**\nГьабги наку, добги наку,\nЗобги сверун, ссанда наку,\nСсанда мокъокъил наку,\nКьодукь хӏанчӏазул наку.\n**\nЛъаргӏисахун цӏад бачӏун,\nЦӏоросахун накӏкӏ бачӏун,\nБайги нилъей чвахун цӏад,\nЧахъабазул хӏал хьезе,\nЧвахаги тӏохил гонгал,\nЦӏцӏаназул мугъ бекизе.\n**\nБеке-бекерун цер ана.\nЦарада нус батана.\nНус бичасе кьуна.\nБичас гӏала кьуна.\nГӏала къеда бухьана.\nКъеца хӏуби кьуна,\nХӏуби цӏадаб лъуна.\nЦӏеца тӏурччи кьуна.\nТӏурччи лъарае бана.\nЛъараца цӏам кьуна.\nЦӏам гъвалие бана.\nГъвалица тӏатӏи кьуна.\nБежизейин цӏеда лъуна,\nЦӏорозейин рагьда лъуна,\nКъвагъан бачӏун, гъадица\nКӏутӏун босун анила.\n**\nВа цӏилицӏи, цӏилицӏи, гьарс-вай,\nЦилицӏидул лам гьечӏо, гьарс-вай.\nЛамида хъара гьечӏо, гьарс-вай.\nХъусида чӏегер гьечӏо, гьарс-вай.\nНужер гӏиги гӏемерлъаги, гьарс-вай.\nГӏиялъ куйдул чахӏалъаги, гьарс-вай.\n**\nБ-э-э, дунги хъве,\nДир бурутӏги нахъе те,\nХетӏ-бетӏерги тӏомониб,\nТӏатӏул сарис хьагиниб,\nХьалбахъ гӏучӏал магӏида.\n**\nЧаргъеду! Чаргъеду!\nЧара хваяб рачӏхалат!\nДур Гӏалиги гӏияда,\nГӏалил лъимал рехъада,\nБоснор ханал мокъокъил.\nКъвагъ, къвагъ.\n**\nМаргьало-гьаршало,\nГьоркьохъанасул чу билун,\nЧотӏахъанасул цӏал билун.\nРосонир хинкӏал кьурдун,\nКьуртӏа гӏачи гӏергӏедун,\nГӏурухъ бачал чӏичӏидун.\n**\nИу-иу-у жаланибе,\nЖал къотӏизе мукъранибе,\nМукъур квине Кудалибе,\nКан бахъизе хӏоботӏе,\nХӀop рагӏалда гебегун,\nГор рагӏалда басандун.\nБаса-бакун тӏагъур лъун,\nТӏоргъонибе хъубухъун,\nХъабчинибе кӏобокӏун,\nКӏигоявгун щурщудун,\nЩугоявгун векерун,\nВекерун ун, куй босун,\nКеренги чӏван, оц босун.\n**\nДунгоги хӏайран йиго,\nХӏабибасул Патӏимат,\nГьунщи кӏодол хӏатӏица\nХӏажигороги чӏинтун,\nБилълэунаго гьунщи квеш,\nГекъолаго тӏваркъи квеш,\nБачӏина мун хӏорихъе,\nХӏанчӏила дур гъоркьа кӏветӏ.\n**\nАдин нако,\nДодин нако,\nДанде гӏучӏал\nБичӏан нако,\nГьаб сагӏтил сакӏил нако,\nСсанда мокъокъил нако,\nХӏорихъ къуркъбузул нако,\nКъадалъ хӏанчӏазул нако.\nЦӏирка, цӏирка, цӏирка нако.\n**\nКун меседил расеналъул,\nГьинчалалъул чу магӏарде,\nГӏала хьинда, хьинда цӏибил,\nЦӏолбол кету, катил гӏундул\nГӏондокьил бох, цидул дванк.\n**\nАб кӏкӏал, доб кӏкӏал,\nГӏачи кӏкӏал, чума кӏкӏал,\nНакӏкӏилъар, лъабгӏин,\nГӏани хух, цӏани хух,\nЦор бихьараб бахьинхӏинчӏ,\nБихьулареб гъвала хӏинчӏ,\nНикӏваязул гьел-гьел,\nГьалбадирил чу-чу,\nЧотӏа рекӏун Гӏалисканди,\nГӏартинире мусудул,\nСивунире бахӏарзал,\nХӏоринире къуркъби,\nКъадалъе борхьал.\n**\nГьудубе кӏанцӏ, гьаниб кӏанцӏ,\nЧӏалхуласул хурив кӏанцӏ,\nХерав дадал гьороб канцӏ,\nГьалбадерил тӏохде кӏанцӏ,\nТӏад магъилъа гъоркье кӏанцӏ,\nГъамбулатил рокъов кӏанцӏ,\nРукъиятил бокьов кӏанцӏ,\nРазиятил рагьде кӏанцӏ,\nРажбадинил чӏалде кӏанцӏ,\nЧӏегӏерасул гъасде кӏанцӏ.\n**\nЗирзили, зирзили,\nГьорол зирзили,\nГьорол чуги рекӏун,\nДаци вачӏине.\nСурсури, сурсури,\nБакъул сурсури,\nБакъ гӏарцул ярагъ бан,\nДада вачӏине.\n**\nЦо хӏелеко букӏанила.\nХӏариколо хутӏанила.\nЦо гунзари букӏанила,\nГванзай ясалъ беканила.\nБакъда гьоло букӏанила,\nМокъокъаца чӏучӏанила.\nЧӏалу рохьоб букӏанила,\nГьороца ун батанила.\n**\nБаги, баги чвахун цӏад,\nЧабхилъан ицц баккизе,\nЧвахаги тӏохда гонгал,\nГьалида мочу базе,\nБаги, баги чвахун цӏад,\nЧахъабазул хӏал хьезе,\nЧвахаги тӏохда гонгал,\nЦӏцӏаназул мугъ бекизе.\n**\nЦцин-ццин, ццидал хӏелеко,\nЦцин бахъараб Магьдил хӏелеко.\n**\nБацӏил гӏундул кӏичӏулди;,\nКӏичӏ бахъулей Хӏурия,\nХӏама кӏутӏулев Гӏусман,\nРажи бухулей Халун,\nХинкӏал рахъулей Чакар,\nЧай гьабулей гьидалъей,\nХьи бахъулей къванисей,\nКъвали балей хьиндахъей.\n**\nЧагӏазухъ бугӏа буго,\nБугӏа лъарае бана,\nЛъарацаги цӏам кьуна,\nЦӏанги гӏакдае бана,\nГӏакдаца бече кьуна,\nБачица бурутӏ кьуна,\nБуртӏица тӏатӏи кьуна,\nБежизеян цӏеда лъуна,\nЦӏорозеян горда лъуна,\nБачӏун Уртил катица,\nХъамун ана жиндийго,\nХадуб араб Хӏерендо,\nХӏатӏул кӏал цӏун бачӏана.\n**\nГӏанкӏ, гӏанкӏ, лъакӏ, лъакӏ,\nЛъакӏинибе гьел-гьел,\nГьегьги дица хьухьина,\nХьопги дица къотӏила.\nХаба-чӏабар бицунди,\nЦарал гӏундул кӏичӏулди,\nКӏицӏул хуриб бекьулди,\nХинкӏал гьарун квананди,\nКартӏинибе кӏанцӏунди,\nЦояб дица квананди,\nЦояб кодое кьунди.\n**\nГьадаб тӏомор татӏул чед,\nТӏох рагӏалда нахул чед,\nДун сверухъе сверулеб,\nСурма дарайдул ретӏел,\nДун кӏичӏухъе кӏичӏулеб,\nКӏичӏ бахъараб буртина,\nРетӏинеги щолареб,\nЩварасдаги толареб.\n**\nМилъиршо, милъиршо,\nЩобда базе къвачӏа кье,\nКьвалакь базе таргьа кье,\nРохьоб босе гӏащтӏи кье,\nЧӏалда базе жини кье!\n**\nГьаб магӏарда тӏегь буго,\nТӏогьиб маххул хеч буго,\nАхада гьабал руго,\nГьабихъ гӏадамал руго,\nГӏадамахъ гени буго,\nГени багӏар габула,\nБагӏар гӏобил гьабула,\nГӏер меседил гьабула,\nЯс куракул гьаюла,\nКету нахул гьабула,\nМахх чарамул гьабула,\nЧу магӏарда гьабула,\nГӏала хьонда гьабула,\nХьиндахъ цӏибил гьабула,\nЦӏолбол кету гьабула,\nКатил гӏундул гьарула,\nГӏондокьил рачӏ гьабула.\n**\nДунги мунги — кӏиявго,\nРохьоб бече — лъабабго,\nЛъебел гӏака — ункъабго,\nГӏалил хӏама — щуябго.\nШайхмухӏамад — анлъавго..\nМегӏергӏанаб гӏаладулги цого тӏинчӏ.\nГӏалаяльул щинкӏилгӏанаб\nРущбадулги щуго тӏинчӏ.\nЩурунгӏанаб мокъокъилги къого тӏинчӏ.\nКъалигӏанаб гъагъусакил киго тӏинчӏ..\n**\nМокъокъ буго къвакъвалеб\nКъаси жиб берталъеян.\nМикки буго гъулгъулеб\nГъарим жибги бачеян.\n**\nАцида, цацида, цумида,\nХъумида, хъудал рачӏида.\n**\nАмина, замина, бузур, хъузур,\nХъанза, манзал, хъаравуласул кӏалтӏа\nКӏих-кӏох.\n**\nЦойида — кӏийида, кӏоркӏамайида,\nЛъабида — хъабида, хъарзамайида,\nПампа гӏучӏал,\n— тӏваркъ.\n**\nАцида, цацида, царада, бакӏида,\nГӏалида, хъамида, хъадал рачӏ.\nБелек, челек, чартӏа, миртӏа,\nКъимир, зимир, Пилламас занка, рика,\nДица кутӏун, дуца босун,\nЧчит гавур, гъологӏучӏ.\n**\nБидги, бидги, бидал данги,\nДанги бидан — сахлиян,\nУмахалун, хал-халун,\nЧибилдимик, дандимик.\n**\nАцида байдан, царада байдан,\nПамухь, чалух, чайда байдан,\nРехун бача, гьорол чӏимих.\nАцӏикӏ-бицӏикӏ, бицӏан-цӏаликӏ,\nЦӏалги битӏун сахлиент.\nЦоцазда гьикъулел\nКваналеб гьудгьуд букӏанила, парпалеб тӏамах букӏанила.\n— Дир кӏал бацӏцӏине бачӏа, тӏамах! — ан ахӏанила гьудгьудалъ.\nБачӏинарин ахӏанила тӏанхица.\n— Тӏамах квине бачӏа, бурутӏ! — ан ахӏанила.\nБачӏинарин ахӏанила буртӏица.\n— Бурутӏ чӏвазе, бачӏа, бацӏ! — ан ахӏанила.\nБачӏинарин ахӏанила бацӏица.\nБачӏинарин аханила гьойца.\n— Гьой чӏвазе вачӏа, вехь! — ан ахӏанила.\nВачӏинарин ахӏанила вехьас.\n— Вехьасул къвачӏа букъизе бачӏа, гӏункӏкӏ! — ан ахӏанила.\nБачӏинарин ахӏанила гӏонкӏкӏоца.\n— Гӏункӏкӏ чӏвазе бачӏа, кету! — ян ахӏанила.\nБекерун бачӏанила кету. Кету гӏонкӏкӏода речӏчӏанила. Гӏункӏкӏ къвачӏида речӏчӏанила. Къвачӏа вехьасда речӏчӏанила. Вехь гьойда речӏчӏанила. Гьой бацӏида речӏчӏанила. Бацӏ буртӏида речӏчӏанила. Бурутӏ тӏанхида речӏчӏанила. Тӏамахги гьудгьудалъул кӏалдибе кӏанцӏун анила.\n**\n— Бахӏаралъ гъамас аниш?\n— Ана.\n— Гъансиниб лъун дарай аниш?\n— Ана.\n— Дарай кьотӏизе кӏвекьмахх анищ?\n— Ана.\n— Каранда чӏван, рукӏкӏен анищ?\n-Ана.\n— Килщида ххун, баргъич анищ?\n— Ана.\n**\n— Киб букӏараб, цӏум, цӏум?\n— Цӏамда букӏараб цӏум, цӏум.\n— Диесеб киб, цӏум, цӏум?\n— Росулъ бугеб цӏум, цӏум.\n— Росу киб бугеб, цӏум, цӏум?\n— Цӏаяль бухӏана цӏум, цӏум.\n— Цӏа киб бугеб, цӏум, цӏум?\n— Лъиналъ свараб цӏум, цӏум.\n— Лъим киб бугеб, цӏум, цӏум?\n— Буртӏица гьекъана цӏум, цӏум.\n— Бурутӏ киб бугеб, цӏум, цӏум?\n— Носоца хъуна цӏум, цӏум.\n— Нус киб бугеб, цӏум, цӏум?\n— Ганчӏица бекана цӏум, цӏум.\n— Гамачӏ киб бугеб, цӏум, цӏум?\n— Чӏвадниб речӏчӏана цӏум, цӏум.\n**\n— Кий йикӏарай, къешо?\n— Гьоболлъухъ йикӏана, къешо.\n— Диесеб нисухинкӏ киб бугеб, къешо?\n— Гъансиниб буго, къешо.\n— Гъамас киб бугеб, къешо?\n— Цӏеца бухӏана, къешо.\n— Цӏа киб бугеб, къешо?\n— Лъеца свинабуна, къешо.\n— Лъим киб бугеб, къешо?\n— Цӏорокье ана, къешо.\n— Цӏер киб бугеб, къешо?\n— Бакьуца биинабуна, къешо.\n— Бакь киб бугеб, къешо?\n— Накӏкӏулъе тӏерхьана, къешо.\n— Накӏкӏ киб бугеб, къешо?\n— Махил рохьобе ана, къешо.\n— Махил рохь киб бугеб, къешо?\n— Буртӏаз кванана, къешо.\n— Буртӏал кир ругел, къешо?\n— Бацӏица чӏвана, къешо.\n— Бацӏ киб бугеб, къешо?\n— Гьойца чӏвана, къешо.\n— Гьой киб бугеб, къешо?\n— Вехьгун ана, къешо.\n— Вехь киве арав, къешо?\n— Гӏисинлъималазе бикьизе\nЦӏулакьодул къвачӏа цӏезе ана.\n**\n— Ворея цо? — Цо росдал бетӏер мун.\n— Ворея кӏиго? — Кӏиго бералда канлъи льикӏ\nбихьула.\n— Ворея лъабго? — Лъабго бохил бакӏида вукӏине лъикӏ.\n— Ворея ункъо? — Ункъо бохил юргъа чода лъикӏ.\n— Ворея щуго? — Щуго гвангъараб цӏваялъ канлъи лъикӏ кьола.\n— Ворея анлъго? — Анлъго оц бараб мехалъ, кутан лъикӏ халтӏула.\n— Ворея анкьго? — Анкьго вас годекӏанив вугони, ракӏ лъикӏ букӏуна.\n**\n— Цӏа кье, гӏадамал чагӏи!\n— Тӏаса рокъое яха.\n— Гьал жал щал кколел нужер?\n— Мегӏергӏучӏал, мадугьал.\n— Гьал цоял щал?\n— Кӏиликӏичӏал, дахӏалай.\n— Рокъор щал ругел нужер?\n— Цагърил кӏалтӏаги бегун, гъвала буго, дахӏалай,\n— Гъастӏа гъургъур бачунеб кету буго, дахӏалай,\nРахъун лъурал хинкӏал руго, дахӏалай,\nХвизе гьабун чурпа буго, дахӏалай,\nКванан ине гӏодой йикӏа, дахӏалай.\n— Кватӏугеян гьарун буго эбелалъ,\nГӏодой чӏезе заман гьечӏо, хириял.\n— Гӏакълу бугей яс йиго мун, дахӏалай,\nДуйго цӏаги хинкӏги босе, дахӏалай.\nБогӏол рокьи букӏунебин, кӏалдиб лъе…\nРагьде щведал гьой бортана: — ХӀап, хӏап, хӏап!\nХӏинкъарай яс тӏурун ана — тӏвап, тӏвап, тӏвап.\nТӏаде щолеб гьой хинкӏ кьуна: — Магь, магь, магь!\n**\n— Мун кибе, чаргъеду, чара хваяб рачӏхалат?\n— Чолонибе инеб, чу гьекъезе, колонибе инеб,\nКъвал чуризе, иццухъе инеб,\nГьудмагӏарде гебегизе инеб,\nГормагӏарде басандизе инеб,\nБацӏал ккун тӏагъур лъезе инеб,\nТӏогърониб хведер лъезе инеб,\nХарил чода рекӏине инеб,\nЧанаб гьойда къвал базе инеб.\n**\n—Мун кибе, гъеду?\n— Керен чӏван оц босизе.\n— Оц, щибизе, гъеду?\n—Рохьобе бачине,\n— Рохьобе щибизе?\n— Рахал раччизе.\n— Рахал щибизе?\n— Рукъзал гьаризе.\n— Рукъзал щибизе?\n— Чӏужу ячине.\n— Чӏужу щибизе?\n— Лъимал гьаризе.\n-Лъимал щибизе?\n— Кодоб тӏохол къайи кьун,\nБакъда жоялда цере тезе.\n— Мун киса?\n— Колодаса.\n— Колода хабар щиб?\n— Бергьараз къурал толарого,\nКъиямасеб къо чӏун буго.\n— Мун кин вачӏарав?\n—Ярагъ лъикӏаб букӏун.\n— Ярагъ сундул букӏараб?\n— Гӏучӏ-мичӏилалъул.\n— Гӏор кин бахараб?\n— Горбода гӏучӏал чӏван.\n— Гӏор гьитӏинаб букӏун батила.\n— Гӏор гьитӏинабищ букӏунеб, цояб рагӏалдаса цогиялде мокъокъ боржунареб.\n— Тӏинчӏ мокъокъ букӏун батила.\n— Тӏинчӏ мокъокъищ букӏунеб, росу сверулеб.\n— Росу гьитӏинаб букӏун батила.\n— Росу гьитӏинабищ букӏунеб, цояб рагӏалдаса цоялде гьаракь рагӏулареб.\n— Гӏадамал гъугъал рукӏун ратила.\n— Гӏадамал гъугъалищ рукӏунел, магӏарда гьиштӏараб борхьил гьаракь рагӏулел.\n— Аздагьо борохь букӏун батила.\n— Аздагьо борохьищ букӏунеб, харилъа къватӏибе баккулареб.\n— Хер борхатаб букӏун батила.\n— Борхатабищ букӏунеб, зарукьа кьватибе баккулареб.\n— Зар кӏудияб букӏун батила.\n— Кӏудиябищ букӏунеб, кьабуни бетӏер бекулареб.\n— Бетӏер маххул букӏун батила.\n— Маххулищ букӏунеб, пуни гьорохъ унеб.\n— Гьури хӏалаб букӏун батила,\n— Хӏалабищ букӏунеб, пуни цӏа рекӏунареб.\n— Цӏул биччараб букӏун батила.\n— Цӏул биччарабищ букӏунеб, эбелалъ Ахсу кӏкӏалахъа бачӏараб канго-кан.\n**\nЩуго килщил хӏакъалъулъ:\nБилълъа кваназеян гьалъ абуна,\nКвен киб бугебан гьальъ гьикъана,\nАллагьас кьелин гьалъ абуна,\nКьечӏони щиб гьабилебан гьалъ гьикъана,\nКьурун бахъилилан гьалъ абуна.\n**\nЦо хӏама хӏежалде унеб букӏанила.\nДунги бачинарищан бацӏица гьаранила,\nДунги бачинарищан хӏелкица гьаранила,\nДунги бачинарищан бачица гьаранила,\nДунги бачинарищан катица гьаранила.\nХӏама разилъанила, къватӏире рахъанила.\nЦо заманаялдасан\nНух теялъе кечӏ ахӏеян гьаранила бацӏида.\nБацӏицаги ахӏанила:\n— Цо богое хӏама буго, бурун бу, бурун бу!\nЦо богое бече буго, бурун бу, бурун бу!\nЦо богое кету буго, бурун бу, бурун бу!\nХӏелекоги цо богое, бурун бу, бурун бу!\nБацӏица ахӏун бахъарабго, хӏамицаги байбихьанила:\n— Хамица дур щекъер къала, огь, вай, вай!\nБачица мун къадалъ цвила, огь, вай, вай!\nХӏелкица дур бер бахъила, огь, вай, вай!\nКатица хъатги бала, огь, вай, вай!\n**\n—Милъиршо, щибиркӏо, магь бухьине рохьен кье,\nРохьобе босизе гӏаштӏи кье, кан бичӏизе жини кье,\nЖадухъ ине рахълъен кье, хехлъи гьабе, хехго кье!\n— Гӏачи гӏергӏедулел ругин, яхӏ габе,\nМимидулел бачал ругин, дагьалъ чӏа!"}
{"slug": "ihdal-tiurab-gieti-hasalo-shhvarab-bachiin", "url": "https://hakikat.info/?nationals=ihdal-tiurab-gieti-hasalo-shhvarab-bachiin", "title": "Ихдал тӏураб гӏетӏ — хасало щвараб бачӏин", "date": "2026-06-03 15:17:35", "categories": ["magiarukh", "rosdal-magiishat"], "text": "Бокьараб экономикаялъул кьучӏлъун кколеб ВРПялъул (валовияб регионалияб продукт, лъагӏалида жаниб гьабураб ва къачӏараб кинабго продукциялъул, гӏезарурал нигӏматазул, бараб мина-къайиялъул, тӏурарал хъулухъазул гӏаммаб багьа) къадар 2025 соналда нилъер республикаялда бахана 1,3 триллион гъурщиде. Гьеб буго хӏакъикъаталдаги кӏудияб тарих, исана гьеб гӏодобе ккеялъе гӏиллабиги киналгӏаги гьечӏин ккола.\nГьелъул 20-гӏанасеб процент ккола росдал магӏишаталъ (гьелдаса цере руго ралел бакӏазул магӏишат ва даран-базар, хъулухъал тӏурай). Гьенир тӏубанго разияб хӏал бугин ва дандчӏваларин цӏакъго гӏемерал, захӏматал масъалаби абун абизе рес гьечӏо, амма ахирал соназда гьелъ рихьизарулел руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал. Гьедин букӏиналъе нугӏлъи гьабула гьадинал хӏужабаз — бакӏарулеб цӏолбол, гӏи-цӏцӏаназул къадаралъул, къунцӏулеб квасул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъеца ккола тӏоцебесеб бакӏ, бакӏарулеб пиринчӏалъул рахъалъ — кӏиабилеб, чӏегӏербоцӏул къадаралъул ва бакӏарулеб пихъил рахъалъ — лъабабилеб.\nХалатккун рарал цӏадаз исана рес кьечӏо жидер заманалда техника авлахъазде бачине, ракь къачӏазе, цебеккунго хьон хьазе. Гъоркьиса хасалил могьолал (исана риидал ракӏарулел) хьан рукӏана 94 азарго гектаралда. Ракьулъ регьел букӏиналъ гьезие ккана цӏикӏкӏараб квербакъи, гьебго буго тӏабигӏиял ва рекьарал хурдузеги.\nИсана ихдалилал культураби хьазе, рекьизе ккола (гьеб хӏалтӏи байбихьун буго) 225 азарго гектаралда: хурдул — 92 азарго гектаралда, могьолал — 57,3 азаргоялда, овощал — 40,1 азаргоялда, картошка — 18,3 азаргоялда, бахчаби — 7,8 азаргоялда, техникиял культураби (бакъдебусс, рапс ва гь. ц.) — 4,5 азаргоялда. Гьелъие хӏажалъула 68 азарго тонна хьодул (гьелдаса 55 азарго тонна — картошка), гьеб къадаралдаса 94 процет гьанжелъизегӏан хӏадурунги буго.\nРеспубликаялда ахал руго 30 азарго гектаралда, исана гьезде тӏадеги гьел гьаризе ккола 500 гектаралда (ихдал гьаруна 432 гектаралда, хутӏарал тана хаслихъе гьаризе). Цӏибил гӏезабулеб гӏатӏилъиялъул (71 азарго гектар) ва бакӏарараб къадаралъул (380 азарго тонна) рахъалъ республикаялъе бищунго цӏар бугеблъун букӏана 1984 сон. Гӏатӏилъи лъабгогӏан нухалъ гӏодобе кканиги (26 азарго гектар), бакӏарараб къадар гъоркьиса букӏана цӏакъго лъикӏаб (302 азарго тонна). Ругезда тӏаде исана 800 гектаралда лъезе ккола цӏолбол ахал. Гӏияхъанлъиялъулги квешал хӏасилал гьечӏин ва хадусел планал дагьалги лъикӏал ругинги абизе бегьула. Къинлъул кампаниялъул хӏасилалда щвана 1 миллионгун 29 азарго кьегӏер (цӏунана гьаруразул 98 процент), гьеб рахъалъ цебесеб кьерда руго Гъуниб, Чӏарада, Казбек районал.\nСанайил республикалда къунцӏулаан 14 азаргогӏанасеб тонна квасул (тӏолабго Россиялда къунцӏула 40 азаргогӏанасеб), исанасел планазда рекъон къунцӏизе ккола 15,7 азарго тонна. Гьеб цӏакъ лъикӏ буго, амма квеш ккараб жо буго гьеб бичизе кӏунгутӏи ва гьелъул багьаги гӏодобе ккей.\nДагъистаналда буго 105 азаргогӏанасеб найил тӏала, гъоркьиса гьез кьуна 1326 тонна гьацӏул, цересел соназда дандеккун 300 тоннаялъ цӏикӏкӏун. Исанасел планал ва хӏисабал гьелдаса къурал гьечӏо. Жибго цӏакъ гьитӏинаб бугониги, хур-хералъе кӏудияб зарал гьабулеб рухӏчӏаголъи ккола гарцӏ. Гьединлъидал, цӏакъго кӏвар бугеблъун ккола жидер заманалда гьелда данде цӏуниялъулаб хӏалтӏи гьаби. Исана гьеб хӏалтӏи гьабизе ккола 35 азарго гектаралда (аслияб куцалда северияб Дагъистаналда, гьениб байбихьана гьеб), пачалихъалъ гьелъие биччан буго 30 миллион гъурущ. Лъикӏаб гӏаламатлъун ккола гьадинаб хӏужаги. Исана соналъул нахъе тарал гьал моцӏазда жаниб республикаялъ къватӏисел пачалихъазде (Азербайжан, Грузия, Узбекистан, Тажикистан, Казахстан, Иран, Гӏиракъ, Ливан, Китай ва гь.ц.) ричана: пиринчӏ — 730 тонна, чӏегӏербоцӏи — 6 азарго бетӏер, гӏи-цӏцӏани — 5 азарго бетӏер, гӏиял гьан — 249 тонна, ччугӏа — 270 тонна, квас — 21 тонна.\nГӏабаш Гӏабашилов"}
{"slug": "huchbar-huchbarov-giolilaze-gabize-kkola-kumek", "url": "https://hakikat.info/?nationals=huchbar-huchbarov-giolilaze-gabize-kkola-kumek", "title": "Хучбар ХУЧБАРОВ: «Гӏолилазе гьабизе ккола кумек»", "date": "2026-06-03 15:19:14", "categories": ["gara", "insan"], "text": "«Цогояб Россия» партиялъул праймеризалда гӏахьаллъулев Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровасулгун гьадинаб гара-чӏвари ккана нижер.\n— Хучбар, абула, Пачалихъияб Думаялде депутатлъун унила хасаб статусги, жиндир ресазул гӏатӏилъиги, гӏадамазда гьоркьоб къадру-борхалъиги къваригӏарав чиян. Дуе щай къваригӏараб мандат?\n— Хӏакъикъаталдаги, гьединаб пикру буго, амма кинабго гӏицӏго гьелдалъун борцине рекъараб гьечӏо. Пачалихъияб Думаялда ругел депутатал-дагъистаниязда гьоркьор дагьал гьечӏо республикаялъе кӏвар бугел суалал рорхулелги масъалаби тӏуралелги.\nДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва ралел бакӏазулгун производствоялъулал компаниязул гӏуцӏабазул нухмалъулезда гьоркьов вугев дун, республикаялъе кӏвар цӏикӏкӏарал проектал гӏумруялде рахъинарулаго, чанги дандчӏвала гӏемер заманги сурсатги тӏалаб гьабулел масъалабигун. Дир ракӏчӏола: нормативазулгун правоялъул хиса-басиял гьаруни, гьел рахъазда нухмалъи гьабиялъул пайда цӏикӏкӏинабизе рес щвезе буго.\nРуго гӏемерал федералиял программаби, гьезда гьоркьор — партиялъул проекталги. Гьел гӏумруялде рахъинаруни, республикаялъул цебетӏей букӏина. Халкъияб Собраниялъул депутат хӏисабалдаги пуланаб хӏалтӏи гьабула нижеца, амма жеги кӏудиял проекталгун хӏалтӏиялъе гьеб статусалъул сурсат гӏоларо.\nГьелде тӏадеги, жакъа республикаялъе цӏакъ хӏажат буго, депутатазул хитӏабаздалъун ва цӏиял пачалихъиял программабаздалъун федералиял пачалихъиял идарабазулгун гьоркьоблъи гьаби. Дагъистаналъул лъикӏал ресал руго росдал магӏишаталъул рахъалъ. Гьеб ккола республикаялъул жигараб цебетӏеялъе санагӏатаб рахъ.\nДун вуго ралел бакӏазул устарзабазул ирсилав. Хӏалтӏана нилъер улкаялъул батӏи-батӏиял регионазда: Ростовалда, Чачаналда, Саратовалда, Тулаялда, Ставрополалда. Нижер компанияз рана захӏматал ва масъалаби гӏемерал объектал. Гьениб дида бихьана пачалихъиял идарабазулгун рукӏарал пайдаял бухьеналги. Жакъа «Цогояб Россиялъ» ракӏарулел руго партиялъул проектазе квербакъулел халкъалъул пикраби. Гьеб партиялъул рукӏана медицинаялъул, лъай кьеялъул, муниципалитетазда берцинаб сверухълъи гӏуцӏиялъул ва цогидал чӏахӏиял проектал. Республикаялда гьединал проектал гӏумруялде рахъинариялъеги хӏажалъула лъикӏаб хӏалбихьи. Дида ракӏалда буго гьеб рахъалъ бугеб дирго хӏалбихьиялдаса пайда босизе.\n— Рищиязул программаялда дуца кӏвар кьолеб буго бакӏал раялде, гьеб рахъалъ цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизариялде…\n— Тӏадегӏанал технологиязул кьучӏалда бакӏал рай — гьеб буго улкаялъулги республикаялъулги цебетӏеялъе квербакъулеб нух. Бакӏал раялъул рахъалъ цебетӏей бугони, гьелъ жиндаго хадур цӏала экономикаялъул цогидал бутӏабиги. Босараб къайи щвезабизе ккола бакӏалде — гьединлъидал, хехго ва цӏиял технологиялги нухмалъиялъул къагӏидабиги хӏалтӏизарун, разе ккола нухал, кьоял. Нижеца гьедин гьабула ва хӏадур руго гьеб хӏалбихьи тӏолабго республикаялъе гӏахьал гьабизе.\nЖакъа, санкциялги экономикаялда захӏматаб хӏалги букӏаниги, Дагъистаналда ралел руго чӏахӏиял объектал: лъел мухъал, лъим бацӏцӏад гьабулел алатал, рищни бакӏарулел заводал, гьорол генераторал, самолет боржунел нухал, школаби ва гь.ц. Республикаялъул власталъухъа бажарана гьел проектазе гӏарац бачӏинабизе. Федералияб централъги рахъкколеб буго, гьезда бичӏчӏулеб буго гьезул бугеб кӏвар ва битӏараб къиматги кьолеб буго. Захӏмалъаби дандчӏвала проектал гӏумруялде рахъинарулаго. Гьеб рахъалъ хӏалтӏулев чи хӏисабалда дир ихтияр буго гьелъул хӏакъалъулъ бицине ва гьелдаго цадахъ — республикаялъе кӏвар бугеб гьеб рахъалъул цебетӏеялъе квербакъулел пикраби загьир гьаризеги.\nДун хӏалтӏана «Мостоотряд-99» абураб компаниялда, вукӏана батӏи-батӏиял хъулухъазда. Нижеца, кьучӏдаса байбихьун, Саратовалда бана «Гагаринил» аэропорт. Дагъистаналъул хӏалтӏухъабазе кӏудияб къимат кьуна гьеб мехалда Саратов областалъул губернатор Валерий Радаевас.\nКъокъаб болжалалда — лъагӏелгӏанасеб заманалда — нижеца бана Чӏикӏаб — Буйнакск лъел мухъ. Ростовалда бана аэропорталъул комплекс, къачӏана МКАДалъул шагьранухалъул бутӏа. Амма кидаго, кир хӏалтӏулел ругониги, нижее аслияблъун букӏана Дагъистан. Аза-азар хӏалтӏухъан вугеб нижер компаниялъ налогал кьолаан Дагъистаналъе.\n— Хунзахъ районалъул депутат хӏисабалда, щиб гьабураб дуца?\n— Ниж хӏалтӏула гӏолилазулгун, спортивияб жамгӏияталъулгун, имамзабазулгун ва районалъул нухмалъиялъулгун щулияб бухьенги гьабун. Нижер квербакъиялдалъун миллиял проектазда гьоркьоре рачана Багӏараб кьодаса Чӏалде, Гӏараниса Гӏободе, Макьасдаса Мочӏохъе ругел шагьранухазул проектал. Гьеб ккола росабазда гьоркьосеб бухьенги, гӏадамазе санагӏат гьабиги, районалъулго цебетӏеялъе квербакъиги.\nДица кумек гьабуна щуго росулъе газ бачиналъеги нухал къачӏазе техника щвезабиялъеги. Росабазе босана 10 трансформатор. 15 росулъ бана футболалъул майдан. Районалда ругел автобусал чӏезарулел киналниги бакӏал къачӏана миллияб хаслъи бихьулеб куцалда — хъаравуллъиялъул сиязул сипаталда.\nБищун кӏудияб проектлъун ккола «Макьасда» абураб туристазулаб комплекс цебетӏезаби. Нижее бокьун буго туристазда унго-унгояб Дагъистан бихьизабизе, гьанире туристал рачӏинаризе, гӏолилазе, республика тун инчӏого, рокъобго хӏалтӏизе рес кьезе. Жакъа рехсараб комплексалда хӏалтӏулеб буго 70-100 чиясе бакӏ бугеб «Ватӏан» абураб ресторан. Руго чуязда тира-сверизе рес, зиплайн, роупджампинг, квадроциклал. Кидаго хӏалтӏула сверухълъи берцин гьабизе, санайил чӏола щунусгониги гъветӏ. Бана 200 машина чӏезабизе санагӏат бугеб бакӏги. Ракӏалда буго комплекс жеги цебетӏезабизе, гьенир гостиницаби разе. Жакъа гьениб буго 20 чиясе хӏалтӏи. Бокьун буго 100 чиясе хӏалтӏул бакӏ гьабизе.\nКӏудияб кӏвар кьола гӏолилазул цебетӏеялъе — лъай кьеялъе, спорталъе, рухӏияб тарбия кьеялъе. Дагьалъ цебе цӏалдохъабазда гьоркьоб тӏобитӏана олимпиада. Призазе биччан букӏана щунусазарго гъурущ. Жеги 600 азарго гъурущ кьуна мадрасаялъе къай босизе ва 500 азарго — гугарухъабазе ургуял росизе.\nКиналъулго хӏакъалъулъ дицаго бицине рекъон гьечӏо — баян мухӏкан гьабизе бегьила районалъул бетӏерасда, имамзабазда ва районалъул активалда цӏехон. Гьезда лъикӏ лъала. Кинабго хӏалтӏи гьабула районалъул нухмалъиялъулгун, хасго Нурмухӏамад Задиевгун, дандги бан. Гьеб ккола гӏадамазул гӏумру лъикӏлъизабиялъул мурадалда щивас гьабулеб хӏаракат.\n— Мун вуго Жамгӏияб квербакъиялъул штабалъулги Волейболалъул федерациялъулги нухмалъулев. Спорталъулгун кинаб бухьен бугеб дур?\n— Гӏемерисел дагъистаниязего гӏадин, буго диеги бокьулеб спорталъул тайпа. Федерациялъе нухмалъи гьаби — гьеб буго волейбол цебетӏезабиялъе квербакъи. Дун вукӏана Самбоялъул федерациялъул президентлъунги, «Динамо» футболалъул командаялъул къайимчагӏазул советалдаги. Бугеб ресалда рекъон, дица кидаго хӏаракат гьабула спорталъе квербакъизе.\nВолейболги буго Дагъистаналъе ругьунаб спорт. Нилъер мугӏрузда гӏемер ресал гьечӏо батӏияб тайпаялъул спорталъе хӏажатаб инфраструктура гӏуцӏиялъе — географияб хаслъиялъ, гӏатӏидал авлахъал гьечӏолъиялъ, масала, квалквал гьабула гьелъие. Гьединлъидал нилъее рекъонкколеб спорталдениги кӏвар кьезе ккола. Гугариялъулъ церехъаби руго нилъ, хӏажат буго командаялъ цадахъ хӏалеб спорт цебетӏезабизеги.\nЖамгӏияб квербакъиялъул штабалъул хӏакъалъулъ абуни, гьебги буго пикру бегӏерал гӏолилазулгун цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏи. Дие гьениса щола цӏияб лъай, республикаялъул жамгӏияб гӏумруялъул хӏакъалъулъ баян. Гьанибги аслияб иш буго Дагъистаналъул гӏолилазул пикраби гӏумруялде рахъинариялъе кумек гьаби.\n— Гьеб дуца бицанщиналъул кинаб кумек бугеб Дагъистаналъе?\n— Дие бокьула, жиндир ресалда рекъонкковухъе, щивав чи хӏалтӏулев вугони. Тӏадаб букӏиналъ гуро — рекӏел ахӏиялъе жаваб хӏисабалда. Масала, лъицаниги тӏадаблъун гьабичӏо, дагьалъ цере чвахунцӏадал райдал, къварилъи ккаразе кумекалъе рахъаян абун. Щивав чи вахъана, рекӏел ахӏиялда рекъон.\nДида бичӏчӏана: бизнесалъул хӏаракат жамгӏияталъул къваригӏел тӏубазабиялде буссинабуни, гьабулеб ишалъе пайда цӏикӏкӏуна. Тӏоцебесеб къоялъго штабалда рагьана ракьцоязе кумек гьабиялъул пункт. Штабалъул хӏалтӏухъаби сордо-къоялъ рукӏана хъаравуллъуда. Гьенир гӏуцӏана телефонал ва цогидал алатал токалда лъезе рес, хехал хъулухъазул хӏалтӏухъабазе чӏезабуна хинаб квен, хӏадурана ретӏел бакъвазабизе ва хӏухьбахъизе бакӏ.\nДир заместитель тӏоцебесеб къоялъго ана Мамедхъалаялде, гьениб гьабулеб хӏалтӏул низам гӏуцӏизе, щиб рахъалъ кумек хӏажат бугебали лъазабизе ва балагьалъул зарал тӏагӏинабиялъе гьабизе кколеб хӏалтӏул хӏисаб гьабизе. Багӏараб Хъанчалъул хитӏабалда рекъон, нижеца ракӏарана дараби, хасаб формаялъул партал, гьекъолеб лъим, гьабуна Махӏачхъалаялъул лъималазул ахазе ва цогидал социалиял объектазе кумек. Мамедхъалаялде, Хасавюрт, Дахӏадаев районазде ва Югалъулаб Дагъистаналде ритӏана бульдозерал ва экскаваторал. Гьенирги Махӏачхъалаялдагун Каспийскиялдаги рацӏцӏад гьаруна шагьранухал. Къокъго абуни, гьел къоязда къварилъи ккарал муниципалитетазда хӏалтӏулеб букӏана 30-ниги машина.\nАхиралдаги абила: депутатлъун вищаниги вищичӏониги, дица республикаялъе гьабулеб букӏараб кумек гьоркьоб къотӏизе теларо. Диеги нижер хъизамалъеги тӏоцебесеб бакӏалда кидаго букӏана пикру гьабизе лъалел гӏолилазе кумек гьаби, лъай кьеялъул программабазда ва проектазда гӏахьаллъи, меценатлъи. Аллагьас хъван батани, гьедин гьабила хадубккунги. Амма гьелъие цӏикӏкӏараб рес-санагӏат букӏуна, Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вугони.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "dur-tiagur-magiida-gioduleb-bugo-giin-kurun-ahiize-vachia-dir-emen", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dur-tiagur-magiida-gioduleb-bugo-giin-kurun-ahiize-vachia-dir-emen", "title": "«Дур тӏамур магӏида гӏодулеб буго, гӏин кьурун ахӏизе вачӏа, дир эмен»", "date": "2026-06-03 15:22:35", "categories": ["insan", "lit", "rakialdeshchvej", "rel", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Микьигьориб росулъ бижараб хӏикматаб гьунар\nЛъебелазул рохьор вехь гьечӏел чундул,\nВихьанищ нужеда Даку араб бакӏ?\nКочӏохъабаз цӏураб автобусалъе\nАвария ккараб кьуру киб бугеб?\nЖеги гьитӏинав чи вукӏана дун гьаб кечӏ радиоялдасан ахӏулеб рагӏараб мехалъ. Даку Асадулаев хутӏана магӏарул ахӏулеб кочӏол удаманлъун, такрарлъи гьечӏеб бергьараб гьунаралъул кочӏохъанлъун. Исана 50 сон сверана битӏун завалаб ригьалда вукӏаго гьев нилъедаса ватӏалъаралдаса, амма тӏоцебесеб нухалъ рагӏулеб гӏадин гӏенеккула нилъ жакъаги хӏасратаб гьаракьалъ гьес ахӏулеб кочӏохъ.\n23 маялда 90 сон тӏубана магӏарулазул ахӏулеб кочӏол унго-унгояв классик, мунагьал чураяв Даку Асадулаев гьавуралдаса. Дакул цӏар бахъарабго, чилчидилаго мугӏрул къотӏун чвахулеб лъарги, рорхатал мугӏрулги, гьенир тӏавап гьабулел цӏумалги цере чӏезарулеб гьесул гьаракьги ракӏалде щоларев чи ватиларо чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда гъорлъ.\nПикрабазул гӏурул гучаб карачел,\nХалатищ каранда гьелчезе бугеб?\nРекӏел анищазул щенон балеб цӏад,\nДун цӏалтун виччизе гьавуна дуца.\nЛъида рагӏичӏеб Тажудин Таймасхановасул рагӏабазда Дакуца ахӏулеб гьаб кечӏ.\nДаку Асадулаевас ахӏана Расулил, Фазул, Хӏажи Гъазимирзоевасул ва гьел гурелги нилъер гьунар бугел шагӏирзабазул хвел гьечӏеб мацӏалда хъварал кучӏдул.\nГьале дун тӏаде къулун вуго мунагьал чураяв Дакуца вацлъи рагӏизабурав, гьевгун цадахъ сапаразде ккарав Асхӏабгӏали Хӏасановас къватӏибе биччараб «Дакул кочӏол дунял» абураб тӏехьалде тӏаде.\nХӏакъикъаталдаги Дакул букӏана жинцаго къедги гьабун бараб, щибаб гамачӏ бекӏкӏизеги бекӏкӏун, тӏад къиматаб расенги угьун хӏадур гьабун, сокӏкӏун хъалалъун лъугьараб хӏасратаб кочӏол дунял. Гьеб кочӏол дунялалда тира-сверизе ахӏулел руго дица нужги жакъа.\nДаку Асадулаев гьавуна 1936 соналъул гьанжесеб Шамил районалъул Микьигьориб росулъ, мугӏалим Асадулагьил хъизаналда. Гьесул эмен Асадулагьицаги, хъван пандургун, гӏезегӏанго лъикӏ ахӏулаан кечӏ. Цӏакъго гьитӏинго загьирлъана кечӏ-бакъаналде Дакул рокьи букӏин. Инсуца пандур хъвалеб яги гьес кечӏ ахӏулеб мехалъ, кӏудияб рохалида гьесда аскӏове хъурщулаан гьитӏинав Даку ва, цӏакъ разиго гьелъухъги валагьун, гӏенеккун чӏолаан. Амма гьитӏинго эменги хун бесдал хутӏана гьев. Цохӏо Даку гурони Асадулагьил лъималги рукӏинчӏо.\nАмма киданиги ракӏалде ккелароанин абулаан Дакуца, кочӏохъанги вахъун, гьелдаса жиндир магӏишат букӏинилан.\nАрмиялде Даку тӏовитӏизе ракӏарун рукӏана гӏагарлъиги росуцоялги. Дакуда гьитӏинаб мехалъго лъалаан мандолина хъвазе. Доб къоялъги, мандолинаги хъван, гьес кечӏ ахӏула тӏаде рачӏаразе. Лъикӏ гӏолохъанчиясухъги гӏенеккун, херав микьигьурисес абун буго.:\n— Цӏакъ берцинаб гьаракьги буго, дир вас, дур щибаб рагӏи бичӏчӏуледухъ магӏнаялда ахӏулебги буго. Амма пандурги хъван ахӏулеб букӏарабани, гӏорхъи букӏинароанха гьелъулин.\nАрмиялдаса вуссун хадув, Буйнакскиялда автошколалдаги цӏалун, росулъе вачӏана Даку. 1961 соналъул маялда хӏалтӏизе лъугьана Микьигьориб колхозалъул машинаялде. Доб мехалъ росулъе жеги машинадул нух гьечӏолъиялъ, Микьигьориб колхозалъул гараж букӏана Тӏелекь колхозалъул фермаялда. Гьанжего гьанже цӏалун лъугӏарав, хӏалбихьи гьечӏев шоферасухъе (гӏадат букӏана гьединаб) гьев ругьунлъизе вукӏине кьуна басрияб, капиталияб къагӏидаялъ къачӏазе кколеб ГАЗ-51 самосвал машина. Гьеб букӏана Тӏелекь. Къачӏазе бачине кколаан Буйнакскиялде. Кӏиго къо бана Дакуца гьудулзабигун цадахъ гьеб къачӏалев. Ахирги кӏвана хӏалтӏизабизе. Жинда цӏадахъ рукӏарал гӏолохъабазеги, жеги цо кӏудияв чиясеги бокьана машинаялда рекӏине.\n— Гьеб цӏакъ божи гьечӏеб машина буго, цӏияв, жеги хӏалбихьи гьечӏев чи дунгоги вуго, бегьулеб батани, рекӏунге вацалин гьарана чанго нухалъ Дакуца. Магӏарулазул гӏадат буго, сапаралъ рахъунеб мехалъ «къо лъугӏарав чи данде чӏвагеги цадахъги ккогеги» абун гьарулеб. «Расги букӏинаро, бихьинчи, гьаниса гӏодоре щвезегӏан унеб машинаги букӏаго. Рилълъун инеги бокьулеб гьечӏо», — янги абун, тӏаде рахуна ункъоял.\nГӏемераб мех бараб, хӏалихъе неда-гъедун гириялде ккезабураб машина, къваридаб бакӏалде щварабго, нухдаса гъоркье кӏанцӏана ва гебегун ана. Кӏиго чиясе гьеб бакӏалдаго къадар щвана. Дакуги жеги кӏиго чиги захӏматго лъукъун больницаялде ккана. Гьелъул хӏасилалда Даку сахлъун хадуса ункъо соналъ туснахъ гьавуна.\nТуснахъалдаса къватӏиве вачӏун хадув тӏокӏав шоферлъиялде тӏадвуссинчӏо. Бакьайчӏив чӏарав имгӏаласухъеги ун, гьевгун цадахъ къадахъанлъун хӏалтӏизе лъугьана.\nГьеб заманалъ Дакул тӏамурги букӏунаан цадахъ. Хӏалтӏуда гьоркьоб хӏухьбахъизе чӏараб мехалъгицин, кӏутӏун тӏармида килщалгун, бакънал жиндирго къагӏидаялъ сверизарулев, кечӏ ахӏиялъул махщел цӏубазабулев вукӏунаан гьев, гьенисан байбихьанин абизе бегьула Дакул кочӏол гӏумруялде нухги.\nЦо нухалъ Бакьайчӏибе концерт бачӏараб мехалъ, жиндирго имгӏалгун цадахъ вукӏинесев кочӏохъан ана клубалде. Цо бакьайчӏисес хъван буго концертгун рачӏаразухъе кагъат: «Нижер гьанив вуго цо гӏолохъанав къадахъан. Цӏакъ берцинго кечӏ ахӏулев вас, Дакуян абун. Бегьулеб батани, гьари буго гьев сценаялде ахӏе», — ян. Гьалбадерицаги, гьеб тамашаяб цӏаралъул къадахъанасул кинаб гьунардай бугоян, гьев сценаялде ахӏула.\nДакуца жиндиего хасиятаб къагӏидаялъ кваранаб накалда лъуна квегӏаб бох, эркенго кодоб бегизабуна пандур, тӏадагьго кӏутӏана чӏвабзазда килщал ва гьаракь биччана.\nСихӏкъотӏи. Гьалгъан, цӏорон хутӏана артистазул къокъаги залалда гӏодор чӏаралги. Сапаразда гӏемерал кочӏохъаби дандчӏвалин абулеб букӏана артистаз, амма гьадинаб къагӏидаялъ бацӏцӏадаб, роцӏараб гьаркьидалъун, бичӏчӏуледухъ ахӏулеб кечӏ жеги рагӏичӏилан, гӏажаиблъун рукӏана гьел.\nГьелдаса хадуб цӏакъ хехго цӏар тӏибитӏана Дакул Хунзахъ районалда ва кватӏичӏого гьев районалъул культураялъул рукъалъул директорлъун тӏамуна.\nГьенисан Даку уна Дербенталде культураялъул училищеялде цӏализе. Цӏали лъугӏун хадув Даку вачӏуна Авар театралде хӏалтӏизе ва гӏумруялъул ахириял соназда хӏалтӏулев вукӏана Даггосфилармониялда.\nАмма пайда щиб, къокъаб батана Бетӏергьанас гьесие кьураб гӏумру.\n1976 соналъул марталда, Бежтӏа концертги кьун, гьениса нахъруссунаго, къваридаб шагьранухда свери босизеги кӏвечӏого, кьурдаги тункун, кӏкӏалахъе бортула Дакуги цогидалги тӏад рекӏараб автобус. Гьенив къадаралде щола Даку.\nГьединаб ккана ахир магӏарулазул машгьурав кочӏохъанасул.\nМакъалаялъул байбихьуда дица лъурал мухъал руго Тӏелекьа гьунар бугев кочӏохъан Гӏумар Гъазимухӏамадовас, Дакуе къадар щванин рагӏарабго, хъварал. Гьездаса хадусел ккола гьалги:\nДур би гӏодоб тӏураб гӏасияб кӏкӏалъахъ\nГӏурул лъималъ буго кверщел гьабулеб.\nКерен дур тункараб хъирул ганчӏида\nХъарчигъаялъ буго бусен гьабулеб.\nДакуй къадар щванин хабар бачӏиндал,\nМокъокъаца буго зикру бачунеб.\nТӏармида ккараб хӏур бацӏцӏунеб мехалъ,\nХӏули гъунеб буго гъарималдаса.\nДакуде ракь хъваге, микьигьорисел,\nРокьул кучӏдул росун Расул щвезегӏан\nМусру тӏад жемуге, жамагӏатчагӏи,\nЖаназа бихьизе ниж рачӏинегӏан.\nНахъеги къулулев вуго дун «Дакул рекӏел дуниял» абураб Асхӏабгӏали Хӏасановас данде гьабураб тӏехьалде.\nГьенир лъун руго Дакуца ахӏулел рукӏарал, умумузул халкъияздаса байбихьун Тӏелекьа Этил Гӏалил, Чӏанкӏал, Хъахӏабросулъа Махӏмудил, Хӏамзатил Расулил, Фазу Гӏалиевалъул ва Хӏажи Гъазимирзоевасул рагӏабазда гьес ахӏарал хвел гьечӏел кучӏдул. Гьенир ратана цереккун бицен рагӏарал, амма живго Дакуца ахӏулел рагӏун рукӏинчӏел кучӏдул. Цӏакъго асар гьабуна «Нохъода хутӏарал» абураб, нохъодул тӏалуги ккун, гӏиял рехъенгун цадахъ гьенив жанив хутӏарав кӏиго вацасул хӏакъалъулъ халкъияб кечӏалъ. Лъел цӏезе лъарахъе ун бищун гьитӏинав вацасда батула нохъодул кӏалтӏу бацун. Гьеб халкъияб асаралъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъвазе ракӏалде ккана газеталъул хадусел номеразда.\n«Гӏумруялда жанив дида лъала лъабго кочӏохъан. Гьитӏинав чи вугеб мехалъ инсухъе вачӏун, кечӏ ахӏулев ракӏалда вуго Игьалиса Гӏарашил Гӏумар. Хадув гӏолохъанлъуде вахиндал, лъай-хъвай ккана Чӏалдаса Гъазимухӏамадилгун. Гьале гьанже ваккун вачӏана цоги бергьарав кочӏохъан — Даку Асадулаев». Гьедин абун букӏана мунагьал чураяв Хӏамзатил Расулица, Дакул тӏадегӏанаб гьунаралъе къимат кьолаго. Гьел рагӏабиги хутӏана дир рекӏелъ рикӏун.\nДакуца щибаб кечӏ ахӏулаан черхалда щибаб рас бахъун чӏоледухъ, каранда би гьалдезабун. Гьесул кочӏохъ гӏенеккидал, дида цебе тӏамула чилчидулаго чвахун унеб мугӏрул лъарал ракӏал гӏажиз гьарулеб бакъан. Гьединаб тӏадегӏанаб гьунар кьун букӏана гьесие Аллагьас. Аллагьас мунагьал чурун ратаги, наслабазе нахъе хутӏараб гьесул цӏаралъул къимат ссунгеги.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "nashidazul-murad-insanase-ruhiiyab-tarbiya-kej", "url": "https://hakikat.info/?nationals=nashidazul-murad-insanase-ruhiiyab-tarbiya-kej", "title": "Нашидазул мурад — инсанасе рухӏияб тарбия кьей", "date": "2026-06-03 15:35:30", "categories": ["gara", "insan", "lit"], "text": "Дагьаб цебегӏан тахшагьаралда тӏобитӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хӏамзалав Хӏамзаловасул «Рачӏа дугӏа гьибизин» абураб нашидазул сордо. Гьелъухъ щвараб гӏарцул цо бутӏа кьуна чвахунцӏадаздаса хадуб къварилъи ккаразе квербакъиялъе. Гьеб букӏана Хӏамзаласул пагьмуги гӏаданлъиги бихьизабураб тадбир. Бихьулеб букӏана ралагьизе рачӏаразул Хӏамзаласдехун бугеб адабги рухӏияб тарбия ва рекӏее парахалъи кьолел нашидазухъ гьезул бугеб гӏищкъуги. Гьелъул, творческияб ва гӏелмияб нухалъул хӏакъалъулъ бицана «Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачӏун вукӏарав Хӏамзалав Хӏамзаловас нижергун букӏараб гара-чӏвариялда.\nЛъабабилеб июналда Гъуниб районалдаги гьединабго нашидазул сордо тӏобитӏизе буго гьес.\n— Хӏамзалав, дур хӏисабалда нашидал ахӏиялдаги кучӏдул ахӏиялдаги гьоркьоб кинаб батӏалъи бугеб?\n— Нашидазул хаслъи буго гьез гӏадамасул рухӏияб рахъалде кӏвар кьолеб букӏин. Нашидазда гъорлъе уна диниял назмаби, Ватӏаналде, эбелалде рокьи загьир гьабулел асарал. Гьез инсанасул рухӏияб рахъ куцала.\n— Ахираб заманалда нашидал ахӏулел гӏемерлъун руго. Гьеб рахъалъ махщел камил гьабулищ гьез, махщелчагӏи хӏадур гьариялъе рес бугищ Дагъистаналда?\n— Дагъистаналда, хасго магӏарулазда гьоркьор мавлидал ахӏулел гӏадамал гӏемер руго. Гьаб ахираб 10-15 соналда жаниб загьирлъана махщел бугел, ахӏизе гъира бугел гӏолохъаби. Гьез кьолеб пайдаги кӏудияб буго. Кӏудиял мажлисазда, творческиял тадбиразда, диниял байрамазда цере рахъуна нашидал ахӏулел чагӏи. Дагъистан тун къватӏибги гьеб рахъалъ республикаялъул муфтияталъ, Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствогун цадахъ кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго. Россиялдаго, ай Калининградалдаса бахъараб Сахалиналде щвезегӏанги ниж цере рахъинчӏеб шагьар батиларин абизе бегьила. Гьенив дун дандчӏвана нилъер диаспорабазул вакилзабигун. Гьединал тадбираз гӏадамазул рекӏелъе нух батула, дин тӏибитӏизабиялъул рахъалъ лъикӏаб хӏасил кьола. Битӏараб буго, нашидал ахӏулел чагӏи цӏикӏкӏун руго. Дица нашидал махщалида ахӏизе хӏадур гьавулев вуго чанго студент. Гьезул цояв ккола Мухӏамад Гъазимухӏамадов, Юсуп Асхӏабгӏалиев, «Бакълъухъ» группа.\n— Гьеб рахъалъ дуца гӏелмияб хӏалтӏудеги кӏвар кьолеб букӏин лъала. Жакъа дуца кӏвар кьолеб нашидазулги, туркабазулги, назмабазулги тема цебе гӏемер рагьараб гуро. Гьеб рагӏа-ракьанде щун рагьизе, цӏех-рех гьабизе ракӏалда бугищ?\n— Дагьаб цебегӏан, ДГИялда магистратураялда цӏалулаго, дипломалъулаб хӏалтӏи хъвана дица гьеб рухӏияб къагӏидаялъ шигӏраби ахӏиялда хурхун. Щиб кколеб «рухӏияб къагӏидаялъул кечӏ»? Диниял гӏалимзабаз щиб абулеб бугеб, культурологиялъул гӏалимзабаз, искусствоведаз, шагӏирзабаз, философаз гьелъул хӏакъалъулъ щиб абулеб бугеб? Гьелъ кинаб пайда кьолеб бугеб халкъалъе? Заралищ яги пайдайищ бугеб гьелъул абураб цӏех-рех гьабуна.\nДун гӏалимчи вугин абиларо, амма кӏвар бугеб темалъун бихьана дида гьеб. Хьул буго хадубги рес щвелин гьеб темаялда тӏад хӏалтӏизе.\n— Рухӏияб тарбия кьолел асарал кин тӏаса рищулел? Аслияб къагӏидаялъ лъил кучӏдуздаса пайда босулеб нашидал ахӏулез?\n— Нилъее рухӏияб дунялалда мисаллъун кколев хирияв Мухӏаммад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏакъалъулъ Дагъистаналда тӏоцебесеб мавлид хъварав чи вуго Миякьоса Гӏумархӏажияв. Гьесдаса хадуб аварагасул (с.гӏ.в.) хӏакъалъулъ хъвана Игьалиса Чупалас, Гӏахьалчӏиса Муртазагӏалица, Хелекьуриса Гӏабдулагьица ва цогидазги. Гьез хъварал мавлидал гӏадамаз цоцахъа цоцахъе кьун ахӏана, гьезул пайда щвана. Аварагасул (с.гӏ.в.) гӏумруялъул хӏакъалъулъ гьедин лъазабулаан гӏадамаз. Гьесул гӏамалалъул берцинлъи, лъикӏаб-квешаб батӏа-бахъизе малъана мавлидаз. Рухӏияб адабияталъул ва аварагасул гӏумруялда хурхарал асаразул бицунаго, шайих Чӏикӏаса Сагӏид-апандил поэзиялъул хӏакъалъулъги рехсезе ккола. Инсанасул рухӏияб рахъ цебетӏеялъе гьез гьабулеб асар кӏудияб буго. Гьес хъвараб «Къисасул анбияъ» ва цогидал кӏудиял мавлидал, тӏахьал цӏалун хадуб рагьана дие рухӏияб рахъ, лъикӏаб-квешалъул магӏна. Магӏарул мацӏалда Сагӏид-апандияс хъварал асараздалъун тӏибитӏана гӏадамазда гьоркьоб диналъул бацӏцӏалъиги, аварагасдаса (с.гӏ.в.) байбихьун жакъасеб къоялде щвезегӏан диналъул берцинлъиги ритӏухълъиги рагьулеб буго нилъее гьесул асараз.\n— Хӏамзалав, дуца рехсана Миякьоса Гӏумархӏажияс хъвараб тӏоцебесеб мавлид. Нилъер цере рукӏарал шагӏирзабазда гьоркьор ругищ мавлидал, рухӏиял назмаби хъварал?\n— Нилъер классик Инхоса Гӏалихӏажияс гӏемер хъвана рухӏиял шигӏраби. Гьесул «Мадинату Наби» абураб асар нашидазулъ гӏемер ахӏула. Гьединго Цӏадаса Хӏамзатил «Гӏумруялъул дарсал» абураб циклалдаса асаралги руго нашидаздалъун ахӏизе цӏакъ лъикӏал. Гьенир руго гӏадамазе лъикӏал малъа-хъваял. Гьединго, гьанжесеб заманалъул шагӏирзабазулги гӏемер руго гьединал асарал. Мухӏамад Ахӏмадовасул «Гӏарафат» абураб поэма буго рухӏияб тарбия кьолеб асар. Авар, гӏараб ва гӏурус мацӏазда хъвараб гьеб поэма цо тӏехьалде дандеги гьабун къватӏибе биччана Дагъистаналъул муфтияталъ. Кӏуядаса Мухӏамад Хӏасановасул руго рухӏияб тарбия кьолел кучӏдул. Тӏоцебесеб дица ахӏана гьесул «Рогьалилъ ахӏулеб будунасул как» абурал рагӏабаздалъун нашид. Залму Батировалъул, Жабрагӏил Хӏасановасул, Мухӏамад Хӏамзаевасул, Мухӏамадрасул Гӏумаровасул руго диниял, рухӏиял кучӏдул.\n— Хӏамзалав, дуцаго хӏалбихьанищ нашидалъе рагӏаби хъвазе?\n— Шагӏирзабиги цере тун дица нашидазе рагӏаби хъваларо. Щивав чиясул жиндирго махщел букӏуна, гьеб рахъалде кӏвар кьуни лъикӏги букӏуна.\n— Жакъа гӏемерисел артистаз нашидал ахӏулел руго гӏараб мацӏалда. Гӏемерисезда гьезул магӏнаги бичӏчӏуларо. Гьез инсанасул рухӏияб рахъалъе кьолеб пайда щиб бугеб?\n— Гӏемерисез кьола гьеб суал. Нилъер гӏадамазе рокьула гӏараб мацӏалда ахӏулел нашидал, щайгурелъул Къуръан рещтӏана гӏараб мацӏалда, нилъер авараг Мухӏамад (с.гӏ.в.) вукӏана гӏарабияв. Дагъистаналдаги ругелъул доб заманалда нилъехъе дин босун рачӏарал гӏарабиязул, къурайшиязул тухумалъул гӏадамазул наслаби. Гӏараб мацӏ нилъер бидулъ буго. Гьелъ буго гьеб нилъее хириябги. Гӏараб мацӏ гуребги, авар мацӏалда ахӏулелги гӏемер руго нашидал. Нилъее лъикӏаб, рухӏияб рахъалъе лъикӏаб жо щиб мацӏалда ахӏаниги, гьелъ нилъее пайда гуреб жо гьабуларо. Рахьдал мацӏалда ахӏулеб бугони жеги лъикӏги букӏинарищха гӏенеккарасда нашидалъун тӏубанго магӏна бичӏчӏизе. Щивав чиясул лъаялъул даражаялда, бичӏчӏиялда бараб букӏуна гьеб.\n— Дагъистан буго гӏемермиллатазулаб республика. Гьел миллатазда гьоркьоблъи лъикӏ гьаби гьеб буго киналго гӏуцӏабазул аслияб масъала. Гьеб ишалда гьоркьоб нашидазул хасаб бакӏ буго гьудуллъи щула гьаби. Нашидаздалъун миллатазда гьоркьоб рекъелгун гьудуллъи щула гьабизе бажарулищ?\n— Аслияб кӏварлъун ккола нилъ цолъи. Цолъула диналда сверухъ, Аллагь цо вукӏиналде ахӏиялъулъ, диниял байрамазда жамагӏат, миллат, халкъ батӏа гьабичӏого цолъун, гъункун рукӏуна. Рухӏиял тадбиразда цере рахъуна батӏи-батӏиял миллатазул культураялъул церехъаби. Жидерго яги цоцазул миллияб мацӏалда нашидал ахӏула. Гьединал тадбираз цолъизарула бусурбаби. Цогидал диназул церехъабиги рачӏуна гьединал тадбиразде. Гъоздаги бихьула нашидаздалъун, церерахъиназдалъун нилъер диналъул берцинлъи, миллатазул цолъи. Рухӏиял тадбиразул мурадазул цояблъун ккола цолъи.\nП. Султӏанова"}
{"slug": "hvadaruhanasul-giumruyalul-nileda-lalarel-rahal", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hvadaruhanasul-giumruyalul-nileda-lalarel-rahal", "title": "Хъвадарухъанасул гӏумруялъул нилъеда лъаларел рахъал", "date": "2026-06-03 15:44:13", "categories": ["gara", "insan", "kultur", "lit", "shchivgo-kiochon-gechio"], "text": "Исана 130 сон тӏубана магӏарул хъвадарухъан, Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъа Асадулагь Мухӏамаев гьавуралдаса. Асадулагьил цӏар бахъарабго, дида цебе бачӏуна гьитӏинав Чаландарил сипат. «Чаландарил сапар» — гьеб букӏана доб заманалда диеги дир кьерилазеги цӏакъго цӏакъ бокьулеб асар. Бокьулеб, хӏикматго берцинаб, гӏадатияв цӏалдолесул ургьибе биун тӏураб гьеб асаралъ асар гьабичӏев цӏалдолев вукӏунги ватиларо. Гӏайиб гурищха, гьеб асар гьечӏо гьанже школалъул программаялда. Гьединго школалдаго цӏалдохъабаз лъай-хъвай гьабураб хъвадарухъанасул асар ккола «Магӏарулайги». Гьенибги — добго гӏадатлъи, бокьараб ригьалъул цӏалдолесда бичӏчӏулеб къагӏидаялда хъвараб. Хъвадарухъан гьавуралдаса 130 сон тӏубаялде макъала хӏадурулаго, дида батана 2009 соналъул «Хӏакъикъат» журналалда бахъараб Шамсигат Султӏанбеговалъул макъала. Гьеб бугоан гьелъ Асадулагьил яс Патӏиматилгун гьабураб гара-чӏвари. Ракӏалде ккана, къокъ гьабун, гьеб гара-чӏвари цоги нухалда газеталда кьезе.\nШамай Хъазанбиева\n— Асадулагь кин Турциялде ккарав?\n— Гьесда гӏемер рагӏулеб букӏана рокъоб Турциялде гочараб жиндирго гӏагарлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьес 12 сон бараб мехалъ, росулъе вачӏун вукӏун вуго Турциялда вукӏарав имгӏал. Гьесухъ гӏенеккарав Асадулагьилги анищ бижула имгӏалас бицунеб ракь бихьизе. Имгӏал вачӏун вукӏуна росулъ бугеб жиндирго хъизам Турциялде бачине. Асадулагь, лъидаго лъачӏаго, имгӏаласда цадахъ Турциялде лъутизе къачӏала, ва гьев имгӏаласул гьакида хадув къокъуна. Сапарчагӏазда лъалеб букӏунаро жидер лъалкӏда хадув, лъилго берчӏваларедухъ, гьитӏинав чи Асадулагь вачӏунев вукӏин. Анжиялда гьал гамиде рахуна. Жиндирго анищалъ цеве вачунев вугев вас гамидеги вахуна ва лъидаго вихьичӏого ворчӏула. Стамбулалде щвезегӏан, имгӏаласда Асадулагь цадахъ вугевлъицин лъаларо. Гамидаса гъоркье лъугьунеб имгӏаласул хъизамалде аскӏове гьев вачӏиндал, киналго тамашалъун хутӏула… Гьелдаса нахъе Асадулагь Турциялда имгӏаласда аскӏов вукӏуна. Асадулагьица щвараб лъаялда гӏей гьабуларо. Гьес лъугӏизабула Сириялда, Салимиялъул школалда адабияталъул факультет. Цӏалула Египеталда, Каиралъул университеталда. Хадув уна Европаялде, хьвадула Парижалъул университеталде, лекциязухъ гӏенеккизе.\n— Кинха гьев цӏидасан Дагъистаналде тӏадвуссарав?\n— Нижер росулъа Халит абулев чи унтун вуго Турциялда. Хӏукму ккун буго гьев Дагъистаналде нухарегӏизе ва гьесда цадахъ дир эменги витӏизе. Гьедин ккола гьев цӏидасанги Дагъистаналде.\n— Гьев Дагъистаналдаго чӏеялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Гьев гьаниве щвараб заман Россиялда хӏуригат бахъараб, Дагъистаналдаги багъа-бачари бугеб заман букӏуна. Гьедин тӏадвуссун бажарун гьечӏо гьесухъа. Ячуна гьесие росулъаго чӏужу, ай, дир эбел. Гьелъул букӏун буго гӏицӏго 14 сон. Бечедаб лъаялъул нахърателги босун, чӏужу-хъизангун Темир-хан-Шураве гочуна эмен. Дагъистаналдаги гьес лъугӏизарун руго педагогикиял курсал. Цӏалун вуго бухгалтерлъунги. 1913 соналда гьев хӏалтӏизе лъугьуна Мухӏамадмирза Мавраевасул басмаханаялде наборщиклъун ва квералъ тӏахьал хъвалев чилъун. Гьесда лъикӏ лъалаан гӏараб, перс, турк, лъарагӏ, магӏарул ва гӏурус мацӏал.\n— Хадуб, дур эбел-инсуца батӏа-батӏаго гӏумру гьабиялъе гӏилла щиб ккараб?\n— Эбел, зама-заманалдасан лъималги рачун, росулъе уней йикӏун йиго. Гьелъие хирияб букӏана хур-хералъул, ракьул хӏалтӏи. Гьеб инсуе рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо. Гьелде тӏадеги гьудулзабаз кеп-ихтилаталдеги ахӏулев вукӏун вуго гьев. Цо гьединаб данделъиялда лъай-хъвай ккун буго пачаясул офицерасул йикӏарай Халимбегаулалдаса гӏаданалъулгун… Гьеб хабар щун буго дир эбелалъухъеги. Гьедин ратӏалъунги руго гьел. Эбел чӏухӏарай гӏадан йикӏана. Тӏокӏалъ жий гьение инарилан чӏун йиго гьей.\n— Нужер хъизамалда чан лъимер букӏараб?\n— Щуго лъимералъул дунги дидаса кӏудияй яц Сакинатги гурони, нахъе хутӏун гьечӏо. Дида тӏоцеве эмен вихьана кӏудияй яц хвелалде цеве. Эбелги яцги эхере унел рукӏана. Гьез дунги ячана цадахъ. Гьеб букӏана дун школалде ячиналде цебесеб сон. Анжиялде щвараб мехалъ, дида яцалъ вихьизавуна хъахӏаб костюмги ретӏарав цо къамартӏав чи ва абуна, гъоле нилъер эменилан. Нижеда данде вачӏана гьев…\n— Мун инсуда аскӏой шагьаралдайищ яги росулъ эбелалда аскӏойищ гӏурай?\n— Яц Сакинат хвараб мехалда, унтун лъугьана дир эбел. Сакинатги юкъун, эхеве унев инсуца дун цадахъ ячана. Дун инсуда аскӏой Анжиялда йикӏана. Бесдал эбелалъулги лъимал рукӏинчӏелъул, гьелъиеги бокьун букӏана дун жиндирго яслъун йикӏине. Гьелда цӏарги букӏана Патӏимат. Лъагӏелгӏан заманалъ инсудаги бесдал эбелалдаги аскӏой йикӏана. Ахир-къадги лъана дида эбел захӏматго унтун йикӏин — бесдал эбелалъ цоги гӏаданалда бицунаго, дидаги рагӏана. Дица инсуда гьарана дун эбелалъухъе йиччайилан. Гьей дида цӏакъ унтун ятана. Гьелде тӏадеги гьелъ хьихьун букӏана хварай яцалъул кӏиябго лъимерги. Ва дун тӏокӏай эбелалда аскӏоса кьуричӏо. Заманго балалде, эбел хвана. Гьей юкъана яцалда аскӏой. Инсуца дун цӏидасан шагьаралде ячана.\n— Эмен магӏарул газеталда хӏалтӏулеб заман ракӏалда бугищ дуда?\n— Дир цӏакъ гъира букӏунаан инсухъе хӏалтӏуде ине. Дида ракӏалда буго — Мухӏамад Байсунгъуров вачӏунаан инсухъе хӏалтӏул къо лъугӏун хадув. Дие цӏакъ бокьулаан жиндирго яс Патӏиматгун цадахъ гьев вачӏине ( Патӏимат Рамазанова, магӏарул радиоялъул диктор). Гьей йикӏана цӏакъ гӏамал рекъарай, берцинай яс. Рачӏунаан Шамхалов Мухӏамад, Хачалов Гӏабдулмажид, Темирхан Хӏамидов.\n— Эмен рокъов гӏемер хӏалтӏулаанищ?\n— Сордоялъги хӏалтӏулаан гьев. Рогьалилъ вегулаан. Гьатӏан къоязгицин хӏалтӏулаан. Гӏемер хъвадарулаан. Хадуб гьес босана машинка ва гьелда нахъа гӏодой чӏезаюна дун. Ва гьелдаса нахъе къаси-къад чӏечӏого дида тӏадаб букӏана гьес хъварабщинаб жо кьаби.\n— Турциялда гӏурав, Исламияб институт лъугӏарав чи вукӏиндал, как-диналдехун кинаб бербалагьи букӏараб инсул?\n— Доб заман гьединал чагӏазе цӏакъ тату бахъараб заман букӏана. Гьесдаги лъикӏ бичӏчӏулеб букӏун батиларищха жинда хадуб халкквей букӏин. Дида гьес как балеб бихьун букӏинчӏо цониги нухалъ. Цо сордоялъ макьу щоларого йигей дун, лъим гьекъезе тӏаде яхъана. Инсул рокъобе нуцӏа рагьахъего бугоан. Нуцӏихъан как балев вугев инсуда бер речӏчӏана дир. Гьелъ дун цӏакъ гӏажаиблъизе гьаюна. Амма гьесда гьеб цӏехезе дир таваккал гӏечӏо. Дир хӏисабалда, дидацин гьеб бицине ва бихьизабизе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏун батизе ккола гьес.\n— Къватӏисеб улкаялда тарбия-лъай щварав, гьенир гӏага-божарал, лъай-хъвай хутӏарав гьесда хадуб халкквей гьабичӏого толеб букӏун батиларо?\n— Инсуе бокьулаан гӏараб мацӏалда передачабазухъ гӏенеккизе. Египеталъул бетӏер Насирихъ гӏенеккизе бокьулаан цӏакъго. Рокьулаан музыкалиял передачабиги. Дида ккола гьел кучӏдуз пикрабалъ гьев гӏолохъанал сонал арал улкабазде вачунев вукӏун ватилилан. Дида лъан, хадуб халкквей букӏун гурого, гьев дове-гьаниве ахӏун, рахӏатхвеял рукӏинчӏо. Амма лъеберабилел соназ рукӏун ругоха, рокъореги кӏанцӏун, эмен лъукъарал лъугьа-бахъиналги. Гьоркьо-гьоркьоб гьелъул бицунеб рагӏи гурони, гьадин кканин, гьадинал квекӏенал рукӏанин гьес дида бицинчӏо.\n— Асадулагь хвана рекӏел унтиялъ. Гьелъие гӏилла букӏанищ?\n— Чанги жо хӏехьезе, жаниб лъун хӏебтӏизе ккарав чи вукӏана эмен. Бищунго захӏмат букӏана гьесие кӏийиде викьизе ккей. Масала, хварай яцалъул вас росулъ къватӏахъги тун, дир ракӏ лъикӏ букӏинчӏо. Дица гьев вачана дихъего. Гьеб расги рекӏее гӏечӏо бесдал эбелалъе. Гьеб сабаблъун эменги гьейги рагъизе ккана. Хадур кигӏанго рекъо-решон ругин кканиги, бесдал эбелалъе къабуллъичӏо дир яцалъул вас. Гьелдаса нахъе инсул рекӏел гӏунгутӏаби ракканин тола дица.\n— Асадулагьил квералъ хъварал хӏалтӏаби ва библиотека цӏунун хутӏун гьечӏо. Кибе гьеб араб?\n— Гьеб букӏуна дида рекӏеда захӏмалъун. Гьесул васигат нижехъе щвезе течӏо. Инфаркт ккаралдаса инсуца лъагӏел гурони бачӏо. Гьелдаса хадубги дунги херайги цадахъ гӏумру гьабунги рукӏана, инсул хабаде рахинеги цадахъ унаан. Заманго иналде, бесдал эбелги унтана. Гьеб мехалъ багъа-бачари байбихьана гьелъул гӏагарлъиялда гьоркьоб. Гьелъул яцалъ рагьун лъазабуна дида жидее яцалда хадуб хъулухъ гьабизе квалквал гьабугейилан. Битӏараб бицани, дие гьеб рекӏее гӏечӏо, гьелъие щиб букӏаниги лъугьани, диде балиланцин ккана. Бесдал эбелалъе рекӏее гӏолеб букӏинчӏо, жийги чӏаго йикӏаго, жиндир магӏишаталъул хважаинзабилъун гьез жалго рикӏкӏин. Гьей хун анцӏго къо бан хадуб, дун, имгӏал хун вугилан къваридаб хабарги бачӏун, росулъе ине ккана. Гьениб анкьги хадубги бан батила, тӏадюссун ячӏарай дие рокъобе нух щвечӏо. Нуцӏа рахан бугоан, кӏулалги рахан ругоан. Дида бицана гьенив рукъалъ цо студент тун вугилан. Къаси гьение щведал, гьесги нуцӏа рагьичӏо. Кинги гьение лъугьиндал, дун цӏорон хутӏана, гьениса кинабго къайи-къоно нахъе ун бугоан, библиотекаялъулги хутӏараб жого гьечӏоан. Ратичӏо инсул квералъ хъварал, гьес руссинарурал тӏахьал, жеги печаталъ кьабичӏел хъвай-хъвагӏаял, кагътал… Бокьа-бокьарав чи виччалев библиотека букӏинчӏо инсул. Дида ракӏалде ккола гьелъул интерес бугел, гьелъул магӏна бичӏчӏулел, цӏарккун рехсечӏониги, цо-цо гӏалимзабазул хӏалтӏи бугин гьениса тӏахьал тӏагӏинариялъул ишилан. Гьел гьениреги риччалаан, кинал тӏахьал, кинал хъвай-хъвагӏаял гьенир ругелали гьезда дидасаги лъикӏги лъалаан. Гьанже гьел я дихъе щвечӏо, я цогидаб бакӏалъан къватӏире раккичӏо. Заманалдасан гьез жидерго цӏарги гъоркь хъван, гьесул хъвай-хъвагӏаял къватӏире рачӏани, дун тамашалъиларо."}
{"slug": "czivabzazul-maczi-lala-gezul-shhivasda", "url": "https://hakikat.info/?nationals=czivabzazul-maczi-lala-gezul-shhivasda", "title": "Цӏвабзазул мацӏ лъала гьезул щивасда…", "date": "2026-06-03 16:01:06", "categories": ["kultur", "lit", "magiarukh", "magiarul-asaral", "obshestvo"], "text": "Рорхатал мугӏрузда руго гӏадамал,\nЖидерго гӏадатаб чӏаголъиялда…\nИнститутал цӏалун рахъинчӏониги,\nЦӏвабзазул мацӏ лъала гьезул щивасда…\nРасул Хӏамзатов\nХалкъияб кӏалзул гьунаралъул гӏакъиллъиялъухъе чан нухалда нилъ тӏадруссунел. Хасго кицаби-абиязухъе. Чанго нухалда кодобе босула, масала, дица Зайирбег Гӏалихановас данде гьабураб авар халкъалъул кицаби-абиязул тӏехь. Гьелъул щибалъулги батула жиндирго тарихги. Жакъаги руго магӏарухъ жидер кӏалзул пасихӏлъиялъ нилъ пана гьарулел гӏадамал. Битӏун бицани, бахиллъула дун гьезда, гьез бицунеб берцинаб мацӏалда, халкъияб кӏалзул гьунаралъул асарал хӏалтӏизаризе гьезул бугеб махщалида. Бокьараб магӏарул росулъго гӏадин, рукӏана ва гьанжеги руго гьел дир гӏагараб Тӏануси росулъги, гьединго Тӏануси росдал администрациялде гъорлъе унеб Гӏебутӏа росулъги. Школаги цо буго нижер, Тӏанусиб. Тӏануси росдал школалъе лъебергогӏан соналъ нухмалъи гьабурав, Россиялъул мустахӏикъав учитель, Ленинил кӏиго орденалъул кавалер Гӏабдулхаликъил Мухӏамадица бицунеб букӏараб пасихӏаб мацӏ гьабсагӏаталдаги ракӏалда буго дида. Гӏемерал кицаби-абиялги хӏалтӏизарулаан гьес каламалъулъ. Гьединавго вуго гьесул вас Хъайтмаз Гӏадбулхаликъовги. Цин хабар бициналде, гьес ракӏалде щвезабула гьеб харбие дандекколеб бицен, цинги байбихьула кициялдалъун хабар. Гьединабго бечедаб мацӏ букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, Тӏанусиса Хуриса Гӏалилги.\nГьеб пасихӏлъиялъул ирсилаллъун жакъа руго гьесул лъималги — Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, профессор, техникиял гӏелмабазул доктор Шамил Гӏалиев ва дир классцояй, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат Маржанат Гӏалиева.\nВукӏана нижер росулъ Сайгидулагьилан чиги. Гьесул кӏалдисан араб чанго калам абиялде сверана. Гьанжеги абула росулъ Сайгидулагьица абухъегойилан. Гьединго Тӏануси росулъ росасда йикӏана Гӏебутӏаса Гӏалил Патӏимат. Гьелъул каламги чанги сверана кици-абиялде. Руго гьединал кӏалпасихӏал гӏолохъабазда гьоркьорги. Ва дидаги ракӏалде ккана дицаго ракӏарарал, мунагьал жидер чураял эмен Расулица ва эбел Хӏалиматица (гьел кӏиялго рукӏана учительзаби) данде гьарун дихъе щварал кицабазде сверарал жакъасел магӏарулазул каламалъул нужееги бицине, хӏурматиял цӏалдолел. Дица хӏаракат бахъана З. Гӏалихановасул тӏехьалда ратичӏел кицаби лъезе.\nДагъистаналъул гӏелмияб централъул ИЯЛИялъул фольклоралъул отделалдаги хӏалтӏана дун дагьабго заманалда. Доб мехалда дица гьел рахъулаан «Гьудуллъи» журналалда ва «Хӏакъикъат» газеталда. Долдаса нахъеги ракӏарулелги руго дица гьел гӏакъилал жугьаби.\nХерал магӏарулал, нужер цо рагӏи…\nМасала, цо нухалда росулъе щварай дун гара-чӏварун хутӏана дирго цӏалдохъан Гӏебутӏаса Шамилгун. Дида гьев ватана мадугьалзабазул дова. Дие асар гьабуна гьес абураб гьадинаб каламалъ:\n— Вачӏун вукӏанаха гьев дихъе, билигъудги босун, дир гӏадалнах кваназе, — йилан. Гӏурус мацӏалда абулеб, мозги не делай, абураб каламалда релълъараб калам батилин танаха дица гьеб.\nДир вацгӏаласул хъизан ккола Гӏобода росулъа. Гьей ккола математикаялъул учитель. Амма дида лъаларелщинал халкъиял кучӏдул рицуна гьелъ рекӏехъе, цо-цо мехалда кицабахъегоги кӏалъала. Масала, цо къоялъ махсародего гӏадин гьелъ гьабураб каламги бокьана дие:\n— Рухьен тӏун, тӏил бекун йиччанищ йигей? — илан гьикъана гьелъ дида, чан нухалъ щваниги, рокъой ятичӏилан. Гӏадлу гьабизе чиги гьечӏого, йичча-йихъан тун йигин абураб магӏнаха.\nЦӏакъ кепги щвана дие. Ва дица хъата-масан хъвана гьеб калам. Цогиги гьадинаб каламги рагӏана дида Парханисадаса:\n— Нижеца хӏатӏал лъуралъур бетӏер лъезабила нижеца дур васасда, — йилан.\nЦо эбелалъе рекӏее гӏолеб букӏун гьечӏо жиндирго цохӏо вугев вас лъадул гӏагарлъиялъе цӏакъго мутӏигӏав вукӏин. Гьебги хӏехьезе кӏвечӏого, гьей гӏадан нусалъул гӏагарлъигун къацандизе жуян йиго. Цинги, гъой эбелалъул тату хвезе, гьадал рагӏаби абун руго нусалъул эбелалъги.\nЦо нухалда нижер росулъе пихъ бичизе ячӏун йикӏана хьиндалай. Гьеб босизе арав Сайгидулагь тӏадвуссун вачӏунев данде ккана нижеда, зодоб багьа бухьараб пихъ бугила, босун бажаричӏиланги абун. Ва гьеб каламги хех гьабун къалмиде босун букӏана дица — зодоб багьа бухьараб — цӏакъго хираго бугин абулеб магӏна.\nСайгидулагьица гӏурабго заманалъ хӏалтӏизабуна росдал гьобо. Гьитӏинабго росуги, гьединабго гьобоги. Гьабихъе вачӏанщинас Сайгидулагьие, баркалаги кьун, гьара-рахьи гьабулеб букӏун буго. Кодоре щолел гъурщалги рукӏун гьечӏо. Кири гӏемерлъагийилан гьесие гьара-рахьиги гьабун уней цо гӏаданалда гьес абун буго:\n— Нужеца кьунщинаб кириги босун, къойил уна дун тукаде. Амма добаса дие щибго кьечӏоха гьанжелъизегӏан киридахъ, — илан.\nГьелдаса нахъе нижецаги цоцазда махсарадего абула киридахъ тукадаса щибго кьоларилан.\nЦоги гьадинаб кепаб ишги ккун букӏараб Сайгидулагьил:\n— Гьабихъ хӏалтӏун щвараб, тукадаса жиндихъ щибго щолареб кири чӏалгӏарав Сайгидулагьие жиндирго ригьалъул цо гьалмагъас бачун бугоха шиша. Гьабихъ хӏалтӏи лъугӏарабго, кӏиявго гьудулас гьекъон бугоха шиша. Кеплъарав гьев, жиндаго лъачӏого, щун ватун вуго годекӏаниве.\n— Мун, цӏикӏкӏарав чи, кин нечечӏев мехтун годекӏаниве вачӏине, — йилан гьесие бадирчӏваял гьаризе лъугьун руго годекӏанир рукӏарал гӏадамал.\nГьел семун рахъинегӏан сихӏкъотӏунги чӏун, гьес жаваб кьун буго:\n— Кири гуреб батӏияб мухь диеги щолеб букӏинчӏоха хӏалтӏухъ. Гьаб шишаги букӏана дие хӏалтӏухъ щвараб тӏоцебесеб мухь. Гьабги босичӏебани, дунги тӏубанго къезехъин вукӏанаха, — ян жаваб кьун буго Сайгидулагьица.\nГьелдаса нахъе нижецаги цоцазда ккараб бакӏалда абула гьединги гьабичӏебани, дунги тӏубанго къезехъин йикӏанила-вукӏанила абун.\nСайгидулагьил бицен ккун бугелъул, рехсезе бокьун буго гьаб хадусебги:\n— Коммунистазул кьеразулъ вукӏарав цояв, дин гьабизе биччараб, гьелъие нухал гӏатӏидго рагьараб мехалда, хьвадизе лъугьун вугоха мажгиталде. Мажгиталъув как балев тӏоцеве гьев вихьараб мехалда, жиндирго бераздаги божуларого, ундай-гуродаян васвасдизе лъугьун вуго Сайгидулагь. Дов чи гьев вукӏиналда ракӏчӏарав гьас киназдаго рагӏизабун абун буго:\n— Гьалеха гьанжелъизегӏан Аллагь вилун вукӏаравги, гьанже гьевги ватун, мажгиталде вачӏун вуго, — ян.\nМажгиталда рукӏанщинал, цин нечон, сихӏкъотӏун чӏун руго. Цинги дов чи живго велъизе лъугьиндал, цадахъ релъун руго гьелги.\nГьеле гьединал, абураб-тараб рагӏи рихунарел, махсараялъе жаваб махсараялъ кьезе лъалел умумул рукӏана нилъер. Гьединал дарсал магӏарул гӏолохъабазе годекӏабахъ щолаан. Гьанже годекӏабахъ гӏодор чӏолелги дагьлъана. Ва годекӏабахъ рагӏулел рукӏарал гӏакъилал гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккулелги дагьлъана. Дол ана, нилъер умумул, гӏакъиллъиялъул бачӏинги нилъее тун. Абуларищха, хварав чи чӏагоявлъун рикӏкӏунила чӏагоязул ракӏалдещвеязулъ гьев вугебгӏан мехалдайилан. Чан нухалда нилъеда ракӏалде щолел нилъерго росабалъ рукӏарал гӏакъилал, цӏодорал, пасихӏаб каламалъул, жидер щибаб рагӏи гӏумруялъул дарсаллъун гӏолилазе рукӏарал умумул. Чан нухалъ абулеб нилъеца, гьезул цӏаралги рехсон, мунагьал чурадалилан. Биччанте гьезул гӏакъиллъи гӏун рачӏунел гӏелазе даимал дарсаллъун хутӏизе…\nДоб букӏана тӏоцебесеб кӏалккураб къо. Рогьалилъ къватӏие арай Гӏалил Патӏимат, бакъинегӏан хурийги хӏалтӏун, тӏадежоялъе рокъое ячӏунелъул магьги баччун, гӏетӏулъ тӏерхьун, ячӏине данде ккана дида. Нухда бугеб тукадаса чед босизе, магьги гӏодоб лъун, гьелъ абуна дидаги тукадул йичарухъаналдаги:\n— Валлагьги, дир ясал, гьаб кӏалалъул тӏокӏалъ я яц, я вац рукӏинелищалиго лъаларо дида. цӏакъ свакана, татуги хвана, — ян. Тӏоцебе бичӏчӏулеб букӏинчӏо гьелъ абуралъул магӏна. Хадуб бичӏчӏиларищха — гьадин хӏалтӏулей йигони, тӏокӏалъ кӏал ккун бажариларилан абулеб магӏна.\nНилъедаги сурукъ вихьула нилъерго ракӏалъ восуларев чи, цо абизегӏан сурукъав гьечӏониги. Цо гьединай гӏадан базаралда дандчӏвайдал, Патӏиматил рекӏееги лъикӏаб гуреб асар гьабун бугоха. Гьеб къоялъ бицинегӏан даранги ккун гьечӏо гьелъул. Гьелъие гӏайибияйлъун Патӏиматица гъой гӏадан рикӏкӏун йиго. Базаралдаса тӏадюссун ячӏуней гьелде дандеккана дунги. Дармил дица гьикъидал, щибго ургъичӏого, жаваб кьуна гьелъ:\n— Гьагъай борхьил сурат, свенкил бетӏер дандеккедалго, лъалеб букӏана жакъа нухбитӏулареблъи, — йилан.\nКӏиго-лъабго нухалъгӏаги гьеб калам такрар гьабейилан гьарана дица Патӏиматида. Бихьулищха гьелда батараб дандекквей — борхьил сурат, свенкил бетӏер…\n— Чӏалгӏаде халат — ххамие балагь, — илан абураб абиги дида Патӏиматидаса рагӏун букӏана.\nЦо макъалаялда хъван бахъинаро гьазги гьалго гӏадал росуцоязги абураб-бицараб. Цӏакъго росулъе ракӏщведал, церечӏола дида гьезул щивасул сипаталги росдал годекӏанги… Ва пикраби гӏедегӏула гӏагараб росулъе…\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "batӏi-batӏiyal-kagӏidabazulgi-tehnologiyazulgi-hialbihula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=batӏi-batӏiyal-kagӏidabazulgi-tehnologiyazulgi-hialbihula", "title": "Батӏи-батӏиял къагӏидабазулги технологиязулги хӏалбихьула", "date": "2026-06-03 16:51:56", "categories": ["gara", "insan", "obshestvo"], "text": "Цӏалдолезул гӏемерал кагътал рачӏуна Махӏачхъалаялда бугеб Республикаялъул урологияб централъул тохтурзабазе (РУЦ) баркала кьурал, гьезул жавабчилъиялъул, лъай-махщалил бицун хъварал.\nЦебеккунги гӏемер хъвана нижеца гьеб больницаялда хӏалтӏулел тохтурзабазулги, нухмалъулезулги, гьенир гьарулел захӏматал операциязулги хӏакъалъулъ. Цоги нухалда тӏадруссаниги, мустахӏикъал руго гьел жидер хӏакъалъулъ хъвазе.\nГьединазул цоявлъун ккола Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа Гъайирбег Биларовги. Гьев ккола Республикаялъул урологияб централда эндоскопияб отделениялъул нухмалъулев. Щибаб къойил анцӏ-анцӏ унтарал уна, цӏиял технологиязда рекъон, Гъайирбегица гьарулел операцияздаса хадур сахлъун рокъоре.\nГьес нижее бицана унтарал сахгьариялъе отделениялда гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ.\n— Гъайирбег, кида вачӏарав мун РУЦалде хӏалтӏизе?\n— Дун хӏалтӏулев вуго 2006 соналдаса нахъе. Цин вукӏана литотрипсиялъул, ай лазералъул ва цогидал алатазул кумекалдалъун ургьисалазулъ, кӏващул мухъалда ругел ганчӏал хъуризариялъул отделениялъул заведующийлъун. 2011 соналдаса хӏалтӏулев вуго рентген-урологиялъул нухмалъулевлъун. Кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна дица республикаялда малоинвазияб урологиялъе (гьитӏинаб каратӏги бахъун, яги бидурихьазулъан, ялъуни тӏабигӏияб картӏинисанго операция гьаби) кьучӏ лъуразда гьоркьове ккей.\nГьеб махщалие дун цӏалана нилъер улкаялъул церетӏурал клиникабазда. Масала, санайил цо чанго моцӏ балаан Н.А. Лопаткинил цӏаралда бугеб Урологиялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталда. Тӏоцебе гьениб бихьана дида тӏомода гъорлъан ургьисалазда ругел ганчӏал рахъиялъул операция. Дун тамашалъун вукӏана, гьитӏинабго каратӏги бахъун, ургьисалалъе кинабгӏаги къварилъи ккеларедухъ, чӏахӏиял ганчӏал рахъулел рихьидал. Хадусеб къоялдаго унтарав тӏаде вахъунаан, цогидазул кумек гьечӏого хьвадулаан.\n— Нилъер гьанир гьарулищха гьединал операциял?\n— 2008 соналдаго гьел гьаризе байбихьана дицаги дир ишцояв Хӏажимурад Гӏусмановасги. Унтарасул ургьисалалда жанибе ккезабулаан нефростомалъул (ургьисалалда жаниса кӏващ къватӏибе чвахизе лъолеб трубка) цояб рагӏал ва цогидалъусан жанибе бегьараб хасаб аппараталъ къватӏибе бахъулаан гамачӏ. Гьединаб операциялда абула эндоурологиябин. Нижеда бичӏчӏана малоинвазияб урологиялъул заман бачӏун букӏин.\n— Нужеда бичӏчӏараб гӏоларелъулха, гьелъул рахъкколев хӏакимчи-тохтур вукӏанищ Дагъистаналда?\n— Медицинаялъул церетӏурал къагӏидабазул рахъкколев, хӏалтӏулел тохтурзабазул гьелде пикру буссинабулев чи вукӏана нижер бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиев. Эндоурология цебетӏезабизе бокьун бугеблъи бихьидал, гьес хӏаракат бахъана гьанжезаманалъул медицинаялъул алатал централъе росизе. Босана централъе эндоскопиялъул ва цогидабги къайи (перкутанная нефролитотрипсия, уретеролитотрипсия) операциязе хӏажатал алатал. Хӏадурана операциял гьарулеб рукъ, 2011 соналъ рагьана рентген-эндоскопияб урологиялъул отделение.\n— Ракӏалда бугищ дурго тӏоцебесеб эндоурологияб операция?\n— Букӏинарищха. Ургьисалазул эндоурологияб операция Россиялда тӏоцебе гьабуна Станислав Зенковасги Александр Мартовасги. 2011соналда нижеца Дагъистаналде ахӏана Россиялъул эндоурологиялъе кьучӏ лъуравлъун рикӏкӏунев С. Зенков. Жакъаги буго нижер гьесулгун бухьен. Гьев вуго цӏакъ махщел тӏокӏав тохтурги лъикӏав инсанги. Северияб Кавказалдаги тӏоцебесеб нухалда эндоурологияб операция гьабуна гьесул нухмалъиялда гъоркь. Доб заманалда кӏиго къоялда жаниб анлъго операция гьабуна нижеца. Зенков гьаниса индал, тӏоцере нижецаго гьаруна гьединал операциял Дагъистаналда. Дие гьеб букӏана кӏудияб рохел, дирго махщалида ракӏчӏей. Гьеб заманалда республикаялъул телевидениялдаги бицана гьелъул хӏакъалъулъ. 2011 соналда гьединаб 28 операция гьабуна нижеца.\n— Лъагӏалида жаниб чан операция гьабулеб гьеб къагӏидаялда рекъон?\n— 1000-1100-гӏанасеб. Гьел ккола тӏадегӏанаб технологиялъул кьучӏалда, унтарасул сахлъиялъе зарал ккеларедухъ гьарулел операциял. Гьелъие хӏажатал киналниги аппараталги руго нижер.\nЭндоурологиял инвазиялъулал операциял гьарула Хӏажимурад Гӏусмановасги Гъазимухӏамад Хӏажиевасги. Нижеца цадахъ хӏалбихьула батӏи-батӏиял къагӏидабазулги технологиязулги. Уна медицинаялъул алатал хӏадурулел заводазде — цӏиял технологиял лъазаризе. Гъазимухӏамадгун цадахъ, масала, Karl Storz компаниялъ ахӏун, лъай борхизабиялъул мурадалда чанцӏулго Германиялде ана ниж.\n— Операция гьабизе Москваялдеги цогидал бакӏаздеги уна нилъер ракьцоял. Гьелъие гӏилла щибдай?\n— Щивав чиясул ихтияр буго, ракӏалъ къабул гьабулеб клиникаги тохтурги тӏаса рищизе. Амма абизе кӏола: гьанже 10-15 соналъ цере гӏадин гӏемер унаро унтарал республика тун къватӏирехун урологияб унтиялъе дару-сабабалда хадур яги операция гьабиялъул мурадалда. Унелги ккола, «нилъ гьечӏеб бакӏалда кинабго лъикӏ буго» абураб пикруялда нахъги рилълъун. Жакъа нижецаги операциял гьарула, тӏадегӏанаб технологиязул кьучӏалда. Ракӏчӏун абила: махщелалъулги бажариялъулги рахъалъ Москваялъул яги Германиялъул церетӏурал клиникабазда хӏалтӏулел тохтурзабакьа къурав гьечӏо жакъасев нижер централъул бетӏерав тохтур Гъазимухӏамад Хӏажиев. Чанго соналъ цереккун нижехъа бажариялде хьул букӏинчӏел операциял гьарула жакъа РУЦалда, цониги каратӏ бахъичӏого, гьитӏинаб бакӏцӏин къотӏичӏого. Лазералъ гьарула операциял, нахъе босула кӏващул мухъалда ккараб рак унтиялъул гӏузру (опухоль). Киналго операциял рехсон щай — эндоурологияб кинабниги кумек гьабун бажарула нижехъа.\n— Жалго бетӏергьанал клиникабаз операциял гьаризе ахӏула Москваялъул яги цогидал машгьурал медицинаялъул центразул махщелчагӏи. Гьелда щиб абилеб дуца?\n— Щибаб клиникаялъул ихтияр буго бокьарав специалист ахӏизе, унтарасул ихтияр буго ракӏ рекъарав тохтур тӏаса вищизе, гьеб гьезул иш буго. Амма, дир пикруялда, щибаб къойил больницаялда хӏалтӏизе хьвадулев тохтурасул заман букӏунаро, улкаялъул регионазде сапарал гьаризе. Лъилго хӏакъалъулъ квешаб рагӏи абиларо дица, аслияб жо буго — унтарасе кколеб даражаялъул кумек щвей.\n— Щиб гьарилеб дуца дагъистаниязе?\n— Сахлъи. Кин жив сах гьавилевали щивас жинцаго тӏаса бищула. Унтарав махщел бугев тохтурасухъе заманалда щвей буго аслияб масъала. Тӏоцеве кинав тохтурасухъе унтарав ккарав — гьелда бараб букӏуна гӏемерисеб.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "besdallaral-ganchӏazul-magӏu", "url": "https://hakikat.info/?nationals=besdallaral-ganchӏazul-magӏu", "title": "Бесдаллъарал ганчӏазул магӏу", "date": "2026-06-03 16:54:08", "categories": ["insan", "lit", "magiarukh", "obshestvo"], "text": "Нужеда бихьанищ рек-рекарал ганчӏазул бадибчӏвайги бесдаллъарал кулабазул магӏуги? Дида бихьана…\nДир лъимерлъи ана Асатхва колода. Гьениб минаялъул гьитӏинабго гордуда бигъулаан оцол чохьол жанисеб хъал. Букӏинчӏо ток, букӏинчӏо нартил чирахъцин. Машинадул нух гьечӏел мугӏрузул районазул росабалъе бачӏунароан нарт. Ганчӏил «гъадринибе» толаан нах ва гьениб рекъезабулаан квасул кьурараб кун. Гьелда рекӏинабураб цӏаялъ кьолаан мукъсанабго канлъи.\nБукӏинчӏо печь. Рукъ бакьулъ бакулаан цӏа ва гьелда тӏад кидаго букӏунаан мокърукь бараб кварида дализабураб хьаг. Бакараб цӏадул кӏкӏуй къватӏибе ине мокърукь гьабулаан каратӏ. Гьелдасан жанибе цӏад ва гӏазу бачӏунгутӏизе гьелда тӏад лъолаан кӏудияб ганчӏил къоно — гьеб гӏебса чӏезабулаан гъоркь лъурал ганчӏазда тӏад.\nКолода гӏумру гьабулаан 30-гӏан чияс. Гьел ихдал рачӏунаан колоде ва хасалихълъи тӏаса инегӏан гьенир рукӏунаан, хъизан-лъималгун, гӏи-боцӏигун. Рузманкъоялъ бихьинал унаан росулъе, рузман базе. Рузманалде Гьакварире рачӏунаан сверухъ ругел кулабаздасаги гӏадамал. Хасалоде киналго тӏадруссунаан росулъе.\nРосуцояз, щивас рагьун пикруги загьир гьабун, вищулаан росдал имам. Гьес нухда бачунаан росдал гӏумруги магӏишатги: лъие кумек къваригӏун бугеб, кида рекьи байбихьилеб, щал гьукъараб пишаялде машгъуллъун ругел ва рецц-бакъалъе щив мустахӏикълъулев. Росдал мегъ-хур сабаблъун дагӏба-рагӏи ккаралъуб гӏадлу гьабизеги рос-лъадуда гьоркьоб кьал ккедал маслихӏаталъеги вахъунаан росдал имам. Ракӏалда гьечӏо Гьаквари росулъ чи чӏваялъул яги лъукъиялъул цониги хӏужа. Гьединаб низам билълъанхъизабулаан имамас. Амма чанги ккана кьурса чи вортиялъул ва хвеялъул лъугьа-бахъинал. Кодоб ярагъгун, чуги кьолон, ватӏан цӏунизе гӏолилал ахӏулевги вукӏана имам. Лъимералда цӏар лъезеги, магьари лъун, цӏияб хъизамалъе вагӏза-насихӏат гьабизеги, абадияб рокъове бусурбанчи тӏовитӏизеги ва хварасул хӏакъалъулъ лъикӏаб калам гьабизеги чара гьечӏого хӏажатав вукӏана имам.\nГьединав вукӏана Гьаквари росдал имам, гӏалимчи Мухӏамад Гӏашикъов. Гьесул гӏадаб берцинаб гьаракь жеги рагӏичӏо дида. Машгьурав Энрико Карузол гӏадинаб букӏана какде ахӏулеб гьесул гьаракь. Гӏакъиллъиялъул рахъалъ гьев релълъунаан Сократида. Гьакварисез гьесул цӏар кьун буго росдада гӏагарда бугеб мегӏералъе.\nГӏашикъовасул магӏарде рахуна риидал школалъул цӏалдохъаби. Гьелъул ахада буго гӏадамаз рехун тараб чӏунтараб Абубалч-кули. Гӏашикъовасул мегӏералда аскӏоб эхетун буго Расул Хӏамзатовасул цӏар чӏвараб мегӏерги.\nКулабазда букӏана магӏарулазул гӏумру. Чӏахӏияз хурзал рекьулаан, тӏорщел бакӏарулаан. Ниж, гӏисинал лъимал, тӏолабго къоялъ эркенго тира-сверулаан сверухълъиялда. Рокъоре ниж хъамулев чиги вукӏунароан, кьандиса хвах къотӏарал тӏажалцин рукӏана нижер. Киналгӏаги памперсалги хӏажалъулароан. Хӏатӏида гӏицӏго, ботӏрода тӏагъур лъечӏого, бакъукьги цӏадакьги Аллагьасул цӏобалъ… къасиялде руссунаан рокъоре, цо-цо ругъналгун, хъарсараб квер-бохгун, амма талихӏал. Эбел-эменги семулароан нижеде.\nУнкъо сон баралдаса дида тӏад букӏана чахъабазул тӏалаб гьаби. Дие кумекалъе букӏана Аргъутин цӏар бугеб чӏегӏераб овчарка. Гьелъ цӏунулаан дунги гӏиги. Цоцазе кутакалда хириял рукӏана ниж.\nКулабазда гӏадат букӏана иргадал гъасда цӏа цӏунулеб. Гьеб свани, цӏидасан бакизе спичкаби рукӏинчӏелъул. Ракӏалда буго, мадугьалихъ рукӏарал Гӏусманилазухъе цӏа босизе витӏулаан эбелалъ дун.\nРакӏрагьарал, божилъи бугел, амма къвакӏарал, къохӏехьолел, гӏисинал васазцин магӏу бихьизабуларел гӏадамал руго магӏарулал. Бихьинчиясухъа бажаризе ккола живго жинцаго цӏунизе, эбел-инсуде гӏарзахъдичӏого, масъалаби тӏуразе — гьедин куцалаан ниж. Гьединаб букӏана кьолеб тарбия.\nГьедин унеб букӏана магӏарулазул парахатаб гӏумру. Кинабго хисана Совет Союзалъул бетӏерлъуде Никита Хрущев ккедал. Гьес 1957 соналда байбихьараб экономикияб реформаялъул кьучӏалда байбихьана кулаби риххизаризе. Гьесда дандечӏезе къуват бугев чиги вукӏинчӏо. Колхозал кӏодолъизарулинги абун, кулабахъа росабалъе хъамизе байбихьана магӏарулалги.\nГьанир лъурал суратазда руго Цуйди кулиялъул хутӏелал. Гьаквари росулъ гуреб, гьениб тӏоцебе рагьун букӏана анкьгосонилаб школа. Дун гӏемер щолаан Цуйди колода гӏумру гьабулев вукӏарав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран Мухӏамад Хаштикъовасухъе. Рагъда хадусел соназда гьев вахъана классикияб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпионлъун. Гьев къадруяв инсан вукӏана гьайбатав вехьлъунги. Гьес хьихьулаан гьакварисезул боцӏи. Ралъдал гьумералдаса 3308 метралъул борхалъиялда бугеб Заинкорт мегӏералъул ахада Беквдахъ мегӏералъул щобазда вукӏунаан гьев гьакварисезул оцал-бусбигун. Гьайбатаб, рекӏее хӏикматаб асар гьабулеб магӏарул тӏабигӏаталъ асир гьавулаан дун. Сверухъ кьер-кьерал тӏугьдузул тӏансабиги, зодоб тӏавап гьабулел чӏухӏарал цӏумазул тӏелалги, согӏал кьурабазда расандулел бисалги, космосалда гӏадаб сихӏкъотӏигун бацӏцӏадаб гьаваги… Гьелдаса рахӏатаб, рекӏее парахалъи кьолеб бакӏ дунялалда батиларо!\nКулабахъе гьанжеги щола дун. Гьениб рагӏула дида некӏсиял умумузул лъалкӏ жиделъ бессарал басриял ганчӏазул бадибчӏвай. Шагьарал кӏодо гьарун, гӏатӏиракьалде гочарал магӏарулазе гьабулеб бадибчӏвай. Гьечӏо гьанже магӏарухъ кулаби. Хутӏун гьечӏо магӏарда гӏи-боцӏи хьихьун бажарулел гӏухьби. Гӏолеб гьечӏо магӏарухъ клубалгун библиотекаби ва больницабигун школал къачӏазе сурсат-ресги. Билулеб буго умумузул гӏадат-гӏамал, тӏагӏунел руго нилъер рахьдал мацӏал, маданияб бечелъи. Билулеб буго нилъер хасаб къанагӏатлъи. Нилъерго гӏагараб гӏамал-хасияталъул бакӏалда загьирлъулеб буго чияраб пикру, ццидалаб ва лагъзадерие хасиятаблъун рикӏкӏунеб букӏараб психология.\nТурциялда, Трабзонил университеталда хӏалтӏулеб заманалда, дида рихьана берцинал мугӏрузул росаби. Гьезул къачӏайги гьениб букӏараб чӏаголъиги бихьидал, кутакалда ракӏ пашманлъана, Дагъистаналъул мугӏрузда рукӏарал чӏунтарал кулабазулгун росабазул сипатги цебечӏун. Марсалде, Венераялде, Моцӏроде сапарал гьарула Россиялъул гӏалимзабаз, гьенир гӏумруялъе санагӏатал шартӏал цӏехолаго. Гьакварисезул кулаби нилъее щай… Гьезде регӏунищ ругел… Амма бичӏчӏизе кколаан: ракьалда гӏумру гьабун бажаруларезухъа Моцӏрода ва цогидал бакӏаздаги гьеб гӏуцӏун лъугьунаро. Чӏалгӏадисеб хӏаракат, хӏурудахъ балеб гӏарац буго гьеб.\nГьакварисезул 119 кули биххана Хрущевасул политикаялъул хӏасилалда. Гьезие росулъ бана «Бесдаллъарал кулаби» абураб памятникги. Гьелда хъван буго щибаб кулиялъул цӏар.\nМухӏамад Гӏабдулхабиров"}
{"slug": "gocziolun-tiinkiana-rekiel-tiinalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gocziolun-tiinkiana-rekiel-tiinalde", "title": "Гьоцӏолъун тӏинкӏана рекӏел тӏиналде", "date": "2026-06-08 17:06:57", "categories": ["kultur", "obrazovanie", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Кӏиабилеб июналда РФялъул президент Владимир Путинил нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏана Россиялъул халкъазул мацӏазул рахъалъ пачалихъияб политика гӏумруялде бахъинабиялъул советалъул данделъи.\nГьениб бицана рехсарал мацӏал цӏуниялъул мурадалда гьаризе ругел ва гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьелда гьоркьоса Дагъистаналъе кӏвар бугел суалал рехсезе бокьун буго.\nДанделъиялъул хӏасилал гьарулаго, улкаялъул бетӏерас нахъеги кӏварбуссинабуна миллиял мацӏаздегун адабияталде. «Адабияталъул рахъалъ абуни, Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда рахъулел тӏахьазул къадар цӏикӏкӏинабизе ккела. Советияб заманалде дандеккун, цересел анцӏ-анцӏ соназ гьеб ишалде тӏаса-масагояб бербалагьи букӏана.\nДагъистаналда церечӏарал масъалаби гӏемер руго: чвахунцӏадазул балагь-зарал ва гь.ц. Амма миллиял мацӏал цӏуни — гьеб буго щибаб халкъалъул маданияталъул кьучӏ цӏуни. Ва дица нужеда гьарила, гьелде кӏвар кьеян, хӏажалъи ккани — улкаялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабе, гьеб рахъалъ квербакъиялъул мурадалда.\nДида ракӏалде ккола, Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацӏазде нилъеца цӏакъ къанагӏат гурони кӏварбуссинабуларин. Гьез жидецаго кӏвар кьоларо рахьдал мацӏал цӏуниялде, амма федералияб централъги экспертазги чара гьечӏого кӏвар кьезе ккола гьел суалазде. Гьединлъидал гьеб иш дица рикӏкӏуна цӏакъ хӏажатаблъун ва гьелъул рахъги кквезе буго — гьелда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян.\nВ. Путиница абуна: «Исана микьабилеб сентябралда, нилъер шагӏир Расул Хӏамзатов гьавураб къоялда, улкаялда тӏоцебесеб нухалда кӏодо гьабизе буго Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацӏазул къо. Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагӏел букӏаго, гьеб байрам тӏоцебесеб нухалда кӏодо гьаби ккола хӏикматаб лъугьа-бахъин», — ан.\nХадуб бицана пачалихъияб мацӏ хӏисабалда гӏурус мацӏ цебетӏезабиялъе гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ. Масала, президентасул пикруялда рекъон, педагогиял вузазда рагьизе ккола Гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул хасал факультетал, камил гьабизе ккола гӏурус мацӏалъул учительзаби хӏадуриялъул къагӏида. Гӏурус мацӏалъул цӏалул тӏахьал цӏигьаруниланги абуна гьес. Кӏвар кьуна миллиял мацӏаздегун адабияталдеги. Масала, исана байбихьизе буго «Россиялъул халкъазул адабияталъул бищун лъикӏал асаразул библиотека» басмаялде бахъизе. Гьелда рахъизе руго миллиял мацӏазда хъваралги цогидал мацӏаздаса миллиял мацӏазде таржама гьаруралги художествиял асарал.\nЦебеккун президентас кьун рукӏарал тӏадкъаял тӏуразариялъул хӏакъалъулъ данделъиялда бицана РФялъул президентасул гӏакълучӏужу, Пачалихъияб Думаялъул депутат Елена Ямпольскаялъ. Гьелъ мухӏканаб баян кьуна лъай кьеялъул программабаздаги, цӏалул тӏахьаздаги, цӏалдохъабазде ругел тӏалабаздаги ва цогидал рахъаздаги гьарурал хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Тӏолгороссиялъул цӏалдохъабазул умумузулгун батӏи-батӏиял тадбиралги гӏуцӏун, лъазабун бугоан, масала, адабияталъул асарал школалда малъиялъул рахъалъ гьезул пикру.\nДунялалъул адабияталъул институталъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Вадим Полонскияс бицана тӏадехун рехсараб библиотекаялда тӏад хӏалтӏиялъул хӏакъалъулъ. «Ракӏалда буго 20 том басмаялде бахъизе. Россиялъул щибаб миллаталъул цо вакиласул асарал рахъизе руго томалда. Гьевги вукӏине ккола миллияв классиклъун рикӏкӏунев, миллияб мацӏалда хъвадарарав ва нижехъе лъикӏал таржамаби кьурав авторлъун», — ан мухӏкан гьабуна гӏалимчияс.\nДанделъи тӏобитӏулеб мехалда, РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцов вукӏана Дагъистаналда. Гьоркьоб лъураб суалалъул хӏакъалъулъ гьесул пикруги цӏехана В. Путиница. Цин министрас рехсана Санкт-Петербургалдагун Москваялда ва цогидал регионазда тӏоритӏарал кӏвар бугел цо-цо тадбиразул ва хадуб абуна: «Гьабсагӏаталда дун Дагъистаналдаги вугелъул, абила: Расул Хӏамзатовасул асарал лъун руго щуабилеб, микьабилеб ва 10-11 классазул цӏалул тӏахьазда», — ян. Гьелде тӏадеги, «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб щибаб лъагӏалида тӏобитӏулеб конкурсалъул хӏасилалги микьабилеб сентябралда гьаризе ругинги тӏаде жубана министрас.\nГьесда аскӏов вукӏарав ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Федор Щукиниде хитӏаб гьабуна президентас. «Дагъистаналъул халкъазул маданият, мацӏал ва адабият — щаклъи гьечӏо — гьеб буго Россиялъул миллияб маданияталъул кутакалда кӏвар цӏикӏкӏараб бутӏа. Гьеб ккола дур хӏалтӏул бутӏалъунги. Щиб гьабизе бугеб гьеб рахъалъ?» — ан суал кьуна В. Путиница. Ф. Щукиницаги жаваб кьуна республикаялъул нухмалъиялъул берзукь ругел аслиял масъалабазул цояблъун кколин гьеб ишилан абун.\nДанделъиялъул хӏасилал гьарулаго, улкаялъул бетӏерас нахъеги кӏварбуссинабуна миллиял мацӏаздегун адабияталде. «Адабияталъул рахъалъ абуни, Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда рахъулел тӏахьазул къадар цӏикӏкӏинабизе ккела. Советияб заманалде дандеккун, цересел анцӏ-анцӏ соназ гьеб ишалде тӏаса-масагояб бербалагьи букӏана.\nДагъистаналда церечӏарал масъалаби гӏемер руго: чвахунцӏадазул балагь-зарал ва гь.ц. Амма миллиял мацӏал цӏуни — гьеб буго щибаб халкъалъул маданияталъул кьучӏ цӏуни. Ва дица нужеда гьарила, гьелде кӏвар кьеян, хӏажалъи ккани — улкаялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабе, гьеб рахъалъ квербакъиялъул мурадалда.\nДида ракӏалде ккола, Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацӏазде нилъеца цӏакъ къанагӏат гурони кӏварбуссинабуларин. Гьез жидецаго кӏвар кьоларо рахьдал мацӏал цӏуниялде, амма федералияб централъги экспертазги чара гьечӏого кӏвар кьезе ккола гьел суалазде. Гьединлъидал гьеб иш дица рикӏкӏуна цӏакъ хӏажатаблъун ва гьелъул рахъги кквезе буго — гьелда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян.\nНилъее цӏакъ хӏажатаб, миллаталъул тӏалабалъ ракӏунтарав щивав чиясул рекӏелъе гьоцӏолъун тӏинкӏараб калам гьабуна президентас. Хьул буго хӏакъикъиял ишаз гьел рагӏабазда рухӏ речӏчӏизабилин абурабги.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "millat-cziuniyalde-gali-tiamuna", "url": "https://hakikat.info/?nationals=millat-cziuniyalde-gali-tiamuna", "title": "Миллат цӏуниялде гали тӏамуна", "date": "2026-06-08 17:09:21", "categories": ["obrazovanie", "obshestvo", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Тӏоцебесеб июналда байбихьана рахьдал мацӏал малъиялъул курсал. Гьел гӏуцӏун руго Дагъистаналъул халкъазул мацӏалги адабиятги цӏуниялъул ва церетӏезариялъул фондалъул хӏаракаталдалъун.\nАнвар Аджиевасул цӏаралда бугеб Махӏачхъалаялъул №29 школалда тӏоритӏизе руго рахьдал мацӏал малъиялъул риидалил курсал. Гьезул хӏакъалъулъ тӏадехун рехсараб фондалъ хӏадурараб проект мустахӏикълъана ДРялъул бетӏерасул гранталъе. Гьелда рекъон, 2-5 классалъул цӏалдохъабазда малъизе руго миллиял мацӏал. Гӏуцӏун буго гьезул щуго группа: магӏарул, дарги, лъарагӏ, тум ва лезги мацӏазул.\nРиидалил курсал рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана цӏалдохъабигун гьезул эбел-эмен, Фондалъул вакилзаби (Гӏали Камалов, Заид Гӏабдулагатов), проекталъул нухмалъулей Шамсият Султанбегова, преподавателал ва гь.ц. Гьез бицана рахьдал мацӏ цӏуниялъул бугеб кӏваралъулги гьелъул мурадалда курсазда гӏуцӏизе ругел тадбиразулги хӏакъалъулъ. Школалъул директор Мухӏамад Халитовас бицана миллиял мацӏазул курсазде школалда гьабураб хӏадурлъиялъул ва цӏалдохъабазе гӏуцӏарал шартӏазул хӏакъалъулъ. «Ниж кутакалда рохарал руго гьеб къиматаб проект гӏумруялде бахъинабулеб рукълъун рукӏине щвеялдаса», — янги абуна гьес.\nПроекталъул нухмалъулей Шамсият Султанбеговалъ кӏварбуссинабуна дарсазда кьезе ругел баяназде ва цӏали гӏуцӏиялъул къагӏидабазде. «Чӏамучӏал дарсал рукӏине гьечӏо — нужер лъимал гьенире разиго хьвадизе рукӏиналде кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян абуна гьелъ, цӏалдохъабазул эбел-инсуде хитӏаб гьабулаго.\n«Нужер бадиб дида халлъулеб буго хӏинкъиялъул асар. Гьеб батизе буго щивасул хъизамалда рахьдал мацӏ билулеб букӏиналъул хӏинкъи. Гьеб битӏарабги буго. Нилъеца цадахъ хӏаракат гьабила Дагъистаналъул щибаб халкъалъул мацӏги маданиятги наслабазе цӏунизе. Ва жакъа нилъеца гьелде тӏамулеб буго тӏоцебесеб гали», — ян бицана Дагъистаналъул халкъазул мацӏалги маданиятги цӏуниялъул фонд гӏуцӏарав Гӏали Камалова.\nТумазул мацӏ цӏуниялъул центр рагьана гъоркьиса Махӏачхъалаялда. Гьениб хӏалтӏи гӏуцӏиялъулги миллаталъул мацӏалъул бугеб кӏваралъулги хӏакъалъулъ бицана гьеб централъул нухмалъулей Патӏимат Гӏалиевалъ. «Щай нилъее хӏажат бугеб рахьдал мацӏ? Гӏемерав чияс кьола дие гьеб суал. Дида гьеб мехалда ракӏалде щола машгьурав композитор Ширвани Чалаевасул рагӏаби. Цо нухалда гьес гьадин абуна: «Хвезелъун рижарал руго нилъ киналго. Ахираталде щведал, нилъ дандчӏвалин абула тухумалъул умумулгун. Гьел хвана, Дагъистаналда гӏурус мацӏ тӏибитӏилелдего. Щиб мацӏалдаха нилъ гьелгун гара-чӏваризе ругел? Дозда лъалароан гӏурус мацӏ — нилъеда лъазехъин гьечӏо миллаталъул мацӏ. Щиб гьез абилеб нилъеда, халкъалъул бечелъиялдаса наслу махӏрумлъизабуни?» — ян. Рокъоб, хъизамалда рахьдал мацӏ бицине лъицаниги гьукъуларо. Лъималазул ахалда яги школалда кӏвар кьоларин багьанаби ралагьичӏого, щивасул рокъоб бицине ккола гьеб. Эбелалда буго лъимералда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул аслияб гӏайибги», — ян бицана Патӏиматица.\nМашгьурав гӏалимчи, социолог, философ ва исламовед Заид Гӏабдулагатовас мисалал рачана, мацӏал тӏагӏиналъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъе къимат кьолаго. Рукӏине ругел дарсазулги гьенир тӏоритӏизе ругел расанди-хӏаязулги хӏакъалъулъ баян кьуна щуябго мацӏалъул педагогасги.\nЛъимал цӏуниялъул халкъазда гьоркьосеб къоялъ байбихьана рахьдал мацӏал малъиялъул риидалил курсазул дарсал. Щибаб лъимадуе гӏуцӏарухъабаз сайгъат гьабуна миллияб мацӏалда баркиялъул саламгун хъвай-хъвагӏай гьабураб открыткаги шоколадалъул плиткаги. Хьул буго гьеб авалияб гали талихӏаб букӏиналде ва миллиял мацӏазул къадру камиллъизабиялъе икъбал ккеялде.\nКавсарат Сулейманова"}
{"slug": "mashgurab-kaspij", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mashgurab-kaspij", "title": "Машгьураб «Каспий»", "date": "2026-06-08 17:20:25", "categories": ["gara", "insan", "med", "obshestvo", "sotsialiyab-giumru"], "text": "Хӏухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гӏадамал унеб «Каспий» санаторий рагьун букӏана XX гӏасруялъул байбихьудаго, Каспий ралъдал рагӏалда. Ралъдал бацӏцӏадаб гьаваги тӏабигӏаталъул лъикӏал шартӏалги цолъараб гьеб бакӏалда сахлъи цӏуниялъе лъикӏаб асар гьабула.\nТарихал ва хӏужаби\nЖакъа рехсараб санаторий бугеб бакӏалда тӏоцересел рукъзал рана 1915 соналда. Гьелдаса нахъе «Каспий» лъугьана сахлъи щула гьабизеги хӏухьбахъиялъеги гӏадамал хьвадулеб бакӏлъун. Гьенир хӏалтӏизарула даруяб хӏарщги минералиял лъиналги.\n1930-абилел соназда «Каспиялда» ккана хиса-басиял: рана цӏиял минаби, гӏатӏид гьабуна инфраструктура, лъикӏлъизаруна хӏухьбахъи гьабулезе шартӏал.\nКӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда «Каспиялда» кумек гьабулаан рагъда лъукъаразе. Рагъдаса хадуб санаторий тӏадбуссана жиндирго аслияб хӏалтӏуде.\n1960-абилел соназда гьенир хӏалтӏизаризе байбихьана дару-сабаб гьабиялъул гьанжесел къагӏидаби, тӏолабго улкаялдаса специалисталги рачӏун.\nЖакъа «Каспий» ккола сахлъи цӏуниялъул рахъалъ гьанжесеб заманалда рекъонккараб курорт. Гьенир гьарула батӏи-батӏиял процедураби, медицинаялъул кумекалдаса байбихьун, къватӏиб хӏухьбахъи гьабиялде щвезегӏан. Щивав чиясда гьенир ратула чорхое рекъарал санагӏалъаби. Масала, бацӏцӏадаб гьаваялда хьвади, спортивиял тадбирал ва черх лъадари, батӏи-батӏиял даруял лъел ваннаби, дару-сабаб гьаби ва, узухъда, ралъдал бацӏцӏадаб гьаваялдаса пайда боси.\nСанаториялъул руго хӏухьбахъиялъе санагӏатал берцинал бакӏал, кинотеатр, хӏаял, кьурдул ва спортивиял майданал, фонтан, къватӏиб буго 25 метралъул халалъи бугеб бассейн, минералияб лъел лъабго ицц.\nИсана май моцӏалда диеги рес щвана гьеб санаториялде ине ва бицунебщиналъул хӏалбихьизе. Гьенир унго-унгоги ратана кибго гьечӏеб гӏадаб берцинлъиги, бацӏцӏадаб гьаваги, санагӏалъабиги, тохтурзабазул лъикӏаб бербалагьиги ва тӏадчӏейги.\n«Каспиялда» гӏуцӏарал шартӏазухъ балагьун, Россиялда ругел цогидал санаториязда гьоркьоб гьелъ ккола кӏиабилеб бакӏ. Гьениб бараб анцӏабго къо, цо къо гӏадин, паркъунги ана. Гьений йикӏаго, санаториялъул нухмалъулев Шамил районалъул Хучада росулъа Ибрагьимил Гӏалилгун гара-чӏвариги гьабуна.\n— Киназго бицунеб, киназего бокьулеб, хӏухьбахъизе гӏадамал рачӏунеб гьаб санаториялъе чан соналъ дуца нухмалъи гьабулеб бугеб?\n— 2006 соналда, бичулеб букӏун, босана нижеца гьаб. Цебе гьаб унаан Дагъистаналъул курортазул гӏаммаб гӏуцӏиялде гьоркьобе. Гьанже буго жибго жиндаго чӏараб идара. Гьаб букӏана кутакалда бичча-бихъан тараб, тӏад хӏалтӏиги гьабичӏого, чӏунтун унеб букӏараб бакӏ. Цогӏаги минаялда тӏад букӏинчӏо, букӏине кколеб къагӏидаялъ лъураб тӏох, гӏекколел рукӏана рукъзал. Муцӏиялъулъ къан, тӏутӏ-кӏкӏараялъ хӏухьел цӏазе толареб, жаниве чи лъугьине бокьулареб, рехун тараб хӏалалда батана гьаб. Москваялдаса ва цоги шагьараздаса халкъ гьанибе бачӏунароан. Нижеца тӏадчӏун хӏалтӏун къачӏана, киналго санагӏалъаби чӏезаруна.\n— Россиялъул рикӏкӏадал шагьараздасаги рачӏунел руго гьанире хӏухьбахъизе гӏадамал. Хутӏулищ гьел рази?\n— Рази гьечӏелги камуларо. Цо-цо рукӏуна (цӏакъ къанагӏат ругониги) гьединалги. Цо гьадинаб иш гьабеян гьарун рачӏараз, нагагь гьеб нижехъа гьабун бажаричӏони, бачӏуна битӏахъего гьелде данде хъвараб бадибчӏвай гьабураб кагъат.\n— Дагъистанияздасаги цӏикӏкӏун къватӏиса рачӏарал гьалбал гӏемер руго гьанир…\n— Россиялъул щибаб регионалдаса рачӏуна гӏадамал хӏухьбахъизе. Гьел цӏакъ разигоги рукӏуна. Хаду-хадурги рачӏине хьулгун уна.\n— Медициналъул рахъ босани, кинаб кумек гьабулеб?\n— Аслияб къагӏидаялда санаториялде рачӏуна инсульт, инфаркт ккарал, рищалаби унтарал ва рекӏее захӏматаб операция гьабурал гӏадамал. Гьаниб буго 2200 метралъул гъварилъудасан бачӏунеб минералияб лъел ицц. Бачӏинахъего ваннаялъубе чвахула гьеб. Буго йодгун бром жубараб лъим: гьелъ мадар гьабула псориаз бугев чиясе. Узухъда, лъагӏалидаса лъагӏалиде лъикӏлъун гурони, нахъекколеб гьечӏо санаториялъул къимат. Гьаниб буго инвалидазе ток жанибе биччалеб бассейн. Гьелъ чангиясул параличалъ ккурал бохдул ва гъуждул сахгьаруна ва рилълъанхъизе кӏоларел тӏаде рахъинаруна.\nГьаниб дарудай хӏалтӏизарула бакӏалъул тӏабигӏиял сурсаталги: минералияб ва йодгун бромалъул лъим, Туралиялъул ва Гъаякенталъул даруяб хӏарщ, ионаздалъун бечелъизабураб ралъдал лъим. Санаториялда сах гьарула нерваби, лага-черх, урологиялъул, гинекологиялъул ва метаболизмалъул унтаби.\n— Черх лъадариялъе кинал шартӏал ругел?\n— Гьаниб буго цо чияс батӏаго ва къокъагун цадахъ физкультура ва зарядка гьабулеб зал (ЛФК). Буго сверун къараб бассейн, инфракраснияб сауна; турказул, гӏурус ва финназул хӏамамал. Гьезги лъикӏаб асар гьабула гӏадамазул сахлъи щулалъиялъе. Буго хӏухьбахъулезе спортивияб майдан: футбол, волейбол, баскетбол хӏазе. Буго рохьоре тӏаде рахунеб 250 болъо бугеб, 37 метралъул борхалъиялъул нух. Гьеб бана хас гьабун рекӏел унтаби ругел унтаразе, ракӏ лъикӏ хӏалтӏизабиялъе. Киназдаго кӏоларо тӏаде щвезегӏан рахине. Тӏад буго сверухълъиялъухъ балагьулеб бакӏ. Гьениса, хъатиниб лъураб гӏадин, бихьула тӏолабго сверухълъи.\n— Лъималазеги гӏезегӏан лъикӏал шартӏал гӏуцӏун рихьана.\n— Хӏаракат бахъулеб бугоха, рачӏарал гьалбадерие лъикӏаб хӏухьбахъи гьабизе ресал чӏезаризе. Лъималазе хӏадурун руго ракӏгъеялъул батӏи-батӏиял программаби, дискотека, расанкӏаби, хӏаял.\n— Чан хӏалтӏухъан вугев нужер?\n— Риидал гьанив хӏалтӏулев вукӏуна ункънусгоялдасаги цӏикӏкӏун чи. Хасало — 150-200-гӏанасев. Хасало хӏухьбахъизе гӏемер чи вачӏунарелъулха.\n— Рази вугищ мун дурго гьаб ишалдаса?\n— Бизнес буго гьитӏинаб лъимер гӏадаб жо: байбихьуда тӏад харжал гьаризе ккола, хадуб пайдаги кьола. Амма гьеб цебетӏезе ккани, ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏизе ккола. Гьанир нужеда рихьулел минаби руго, лъагӏалие цо-цо бараб, жеги балебги буго. Гьелъ рес кьола гӏемерал гӏадамал къабул гьаризе ва цӏикӏкӏун хайир щвезе. Гьединлъидал ахираб 10 соналда жаниб лъикӏаб цебетӏей ккана нижер.\nСанаториялде ине бокьараз путевкаби росизе бегьула унтиялда рекъон. Масала, инсульт, инфаркт, диабет, захӏматаб операция бугони, больницаялдаса кьураб выписка битӏула, гьезул сайталъулгун бухьенги гьабун (выпискаялъул букӏине бегьуларо кӏиго соналдаса цӏикӏкӏун заман), гьезул электроннияб почалде — reabilitacia-caspiy@yandex.ru.\nГьениб хӏухьбахъи гьабизе бокьаразда лъазе ккола, батӏи-батӏияб багьа-къадар букӏунеблъи. Гьелъие буго сайталъул реабилитациялъул отдел ва телефоналъул номер, — 88722 52 22 05. Цинги бегьула багьа-къадар лъазабизеги. Масала, сордо-къоялъе эконом-номералъул багьа буго гӏага-шагарго анлъазарго гъурущ. Амма гьединаб номер щвезе захӏматго букӏуна. Жакъа гьениса чи аравго, хӏадурго вукӏунелъул цогидав гьениве вачӏине.\nЦоги, санаториялъул гьечӏо инвалидазе, СВОялъулазе, ветераназе абурал бигьалъаби гьариги.\nРукъият Гӏалисултанова"}
{"slug": "magiarul-rosabazul-hiakalul", "url": "https://hakikat.info/?nationals=magiarul-rosabazul-hiakalul", "title": "Магӏарул росабазул хӏакъалъулъ", "date": "2026-06-08 17:25:31", "categories": ["kaziyat", "kultur", "lit", "magiarukh", "obshestvo", "rel", "rosdal-magiishat", "sotsialiyab-giumru", "tab"], "text": "«Росугун дагӏбадани, чиякълъула…»\nГьединаб буго магӏарул кици. Щивасул гӏумрудулъ гӏагараб росдаца ккола кӏудияб бакӏ. Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магӏарул росабазул хӏакъалъулъ гӏатӏидал баянал кьун, гьезул гӏумруялъул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цӏалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритӏеян. Амма хӏажат буго хъвай-хъвагӏай, баянал ракӏчӏарал, ритӏарал рукӏин.\nБаянаб букӏахъе, магӏарулал руго Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ бищунго кӏудияб миллат. 1921 соналда тӏобитӏараб переписалъул хӏасилалда, цогидал миллатазда гьоркьоб магӏарулазул къадар буго 30,07 процент. Гьеб ккола 2010 соналда букӏараб переписалдаса хадуб 2021 соналде щвезегӏан нилъер миллаталъул къадар 12,57 проценталъ цӏикӏкӏун букӏиналъе нугӏлъи гьабулеб хӏужа. Магӏарулаз аслияб куцалда гӏумру гьабулеб буго республикаялъул бакътӏерхьул рахъалда ругел районазул росабалъ (95 процент) ва гьединго шагьаразда. Тӏолго Россиялдаго цо миллионалдаса цӏикӏкӏарал гӏадамаз жиб бицунеб 10 мацӏалде гьоркьобе ана магӏарул мацӏги.\nГӏаммаб къагӏидаялда босун, росабалъ яшав гьабулел дагъистаниязул къадар 53 процент батани, росабалъ гӏумру гьабулел магӏарулазул къадар бахуна 64 проценталде. Гьел тӏиритӏун руго 22 районалда. Нилъер миллаталъул мацӏги гӏадат-гӏамал цӏуниги хӏисабалде босани, гьеб ккола лъикӏаб рахъ.\nМагӏарулазда гьоркьоб лъимал гьариялъул коэффициент буго 20,2 процент. Гьеб ккола цогидал миллатазулалде дандеккун цӏикӏкӏараб. Тӏаса иналъул процентин абуни буго гӏезегӏанго гӏодобегӏанаб — 6,7. Гьединлъидал нилъер росабалъ ругел хъизамазда лъималазул къадарги гӏезегӏанго цӏикӏкӏараб буго.\nАмма гьедин бугониги, жакъа нилъер гӏумруялъул хаслъилъун буго, Россиялда жаниб миллаталъул къадар цӏикӏкӏиналъул рахъалъ цебесеб кьерда ругониги, росабалъ гӏумру гьабун ругел магӏарулазул къадар дагьлъулеб букӏин. Гьелда бан шагьаралда яшав гьабулезе жидерго рахьдал мацӏги аслияблъун кколеб гьечӏо ва эбелаб калам лъазабиялде гьабулеб тӏалабги дагьлъулеб буго.\nРосабалъа гӏадамал шагьаразде гочине байбихьиялъе аслияб гӏиллалъунги кколеб буго гьенир гӏумру гьабун ругезе букӏине кколеб даражаялда социалиялги цогидалги шартӏал чӏезарун гьечӏолъи.\nАраб гӏасруялда, ай 1992 соналъул байбихьуда мугӏрузул районазул социалиябгун экономикияб цебетӏей букӏинаби мурадалда гӏуцӏун букӏана хасаб «Горы» (Мугӏрул) абураб программа ва гьелъул дирекция. Гьебго заманалда гьеб суалалдехун пикру буссинабуна Россиялъул хӏукуматалъги. Доб мехалда гьелъ къабул гьабуна «1992-2005 соназда Дагъистан Республикаялъул мугӏрузул районазул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ» абураб хӏукмуги. Хадуб гьабуна «Дагъистан Республикаялъе ва гьелъул мугӏрузул районазе 1996-2000 соназда пачалихъияб кумек гьабиялда бан Россиялъул хӏукуматалъул хӏукмаби тӏураялъул хӏакъалъулъ» хӏукмуги.\nХӏукуматалъул рахъалдасан гьединаб тӏалаб бугониги, росабазул гьумер тӏубанго хисизабун, гьенир гӏумру гьабиялъул рукӏине кколел шартӏал чӏезариялъулъ цо къадаралъулаб хӏалтӏи гьабуниги, кьучӏдасанго гьениб бугеб ахӏвал-хӏал хисизабун бажаричӏо.\nЖакъа гӏицӏго магӏарулаз гӏумру гьабулел росабазул къадар бахунеб буго 297-ялде. Гьелдаго цадахъ 90-ялдаса 100 проценталде щвезегӏан къадаралда магӏарулаз яшав гьабулеб буго 462 росулъги.\nНилъер росабазул жал рарал къагӏидабазулги, рукъзабазул сипатазулги буго цо хасаб тартибги. Цоцазда аскӏор цун ран, цоязул тӏох цогидазул азбарлъун кколеб букӏана цебе заманалда. Гьебги букӏана аслияб куцалда ракьалъул къимат гьабун, гьеб тӏощел, пихъ гӏезабизе цӏунун тей мурадалда гьабулеб цӏуна-къай. Жакъа, узухъда, гьеб суалалдехун цӏакъго батӏияб бербалагьи буго.\nРосабалъ гӏумру гьабиялъулъ билълъанхъараб къагӏида буго тухум-кьибилалъул кьучӏалда. Кӏудиял хӏалтӏаби гьарулаго, минаби ралаго, хурулал хӏалтӏаби тӏоритӏулаго, гваял гьарун, цоцазе кумек гьаби букӏана гӏадатлъун лъугьун. Гьелъ магӏарулазул цоцалъ гъунки, тухумазул гьудуллъи щула гьабулаан.\nЖагърапиялъул рахъалъ босани, мугӏрузул районазда гуребги, магӏарулаз гӏумру гьабулеб буго Буйнакск, Хасавюрт, Гъизилюрт, Гъизляр, Тарумовка районаздаги.\nМагӏарул чӏахӏиял росабилъун ккола 11 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гӏадамаз гӏумру гьабулеб Болъихъ росу, 10 азарго чияс яшав гьабулеб Чӏикӏаб росу ва гь. ц.\nКиназего баянаб букӏахъе, магӏарул росабалъ аслияб куцалда хӏалтӏи гьабула ракь хӏалтӏизабиялда, росдал магӏишаталъул культураби гӏезариялда, ахихъанлъиялда ва гӏи-боцӏи хьихьиялда сверухъ.\nСоветияб заманалда росабалъ рес щвана ракьал лъалъан, гьездаса цӏикӏкӏун пайда босизеги. Амма ахирал соназда хӏалтӏи гьечӏого гӏемерисел ругониги, цересел соназда гӏадин хӏалуцун гьел бутӏабазда гьабулеб жигарчилъиги нахъеккезе тун буго.\nГьелдаго цадахъ магӏарул росабалъ тӏиритӏарал рукӏана тӏансаби ресси, цӏулада, ганчӏида накъишал рахъи, арбабашал, буртаби гьари гӏадал махщелалги. Гьел пишабаздехунги цӏакъго лъикӏаб бербалагьи бугин абизеги жакъа захӏмат буго. Къайи гьаниса босун, добехун бичиялдалъун гӏумру гьабиялъул къагӏидаги дагь-дагьккун тарихалде унеб бугелъул, жакъасеб къоялъул цӏиял пишабазда цадахъго нилъерго росабазулъ ругьунаб магӏишат гӏезабиялда хурхараб хӏалтӏи цебетӏезабуни, ракӏалде ккола, цӏакъго лъикӏ букӏинаанилан.\nГьеб кинабго ва жакъасеб къоялъул гӏумруялъул хаслъабиги хӏисабалде росун, бокьилаан, гӏагараб росдал тарихалъул хӏакъалъулъ нужерго пикрабиги загьир гьарун, нижехъе хъвани.\nЗ. Ильясов"}
{"slug": "mariupolaldasa-salam", "url": "https://hakikat.info/?nationals=mariupolaldasa-salam", "title": "Мариуполалдаса салам", "date": "2026-06-08 17:28:11", "categories": ["gurkhiel-rakhimu", "insan", "kaziyat", "obshestvo", "pismo", "proishestvie"], "text": "Хӏурматияб редакция, салам буго киналго дагъистаниязде ва бицине бокьун буго Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росулъа гӏолохъабазул хӏакъалъулъ.\n2022 соналда нижер шагьар букӏана биххизабун, хвана гӏемерал гӏадамал.\nНижер рукъ букӏана бащдаб бухӏун, гумпарабаз борлъ-борлъун. Гьединаб хӏалалда ругел минабахъ гӏумру гьабун рукӏана гӏадамал.\nКиналго бакӏал ралел бригадабаз инкар гьабулеб букӏана нижер рукъ къачӏазе, гьеб тӏубанго биххизабизе кколинги абун.\nХадуб, Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росулъа Мухӏамадов Мухӏама вачӏана вацал Мухӏамаев Арсенгун ва Мухӏамадов Мансургун.\nГӏемер захӏмалъаби дандчӏвана гӏолохъабазда, букӏаниги гьез тӏаде босана нижер рукъ къачӏазе.\nХӏалтӏаби гьаризе гьел лъугьиндалги рукӏана роржун рачӏунел ракетабиги, кьвагьа-гӏанхъиялги. Гьез Бетӏергьанасда гьарулеб букӏана гумпара нижер рукъалда щогегиян, бачӏунеб букӏана къваригӏа-тараб.\nПалхӏасил, гьез хӏукму гьабуна минаялъул бухӏараб рахъ биххизеги гьабун, цӏидасан базе. Цогидаб рахъалдаса тӏох букӏана борлъун. Хисизеян гьеб нахъе бахъидал, бана чвахунцӏад. Щуабилеб тӏалаялда ругел рукъзал рукӏана накалде щвезегӏан лъелъ тӏерхьун. Арсеница киназулго ракӏ батизабулаан, дагьаб заманалъ яхӏ бахъеян гьарулаан.\nГӏемерал рукӏана гьединал хӏужаби, амма гӏолохъабаз киназего кумек гьабулаан.\nГьабсагӏаталда тӏубан бан лъугӏулеб буго нижер №38 мина. Киналго гӏадамаз, гьенир гӏумру гьабулез кӏудияб баркала кьолеб буго гьел гӏолохъабазе ва лъикӏал рагӏабаздалъун ракӏалде щвезарула ватӏаналде арал Арсенги Мухӏамаги. Мансур жеги гьанивго хӏалтӏулев вуго.\nАнтонина ва №38 минаялъур гӏумру гьабулел"}
{"slug": "dagistanalul-sholohovasul-giasruyalulab-yubileyalde", "url": "https://hakikat.info/?nationals=dagistanalul-sholohovasul-giasruyalulab-yubileyalde", "title": "Дагъистаналъул Шолоховасул гӏасруялъулаб юбилеялде", "date": "2026-06-08 17:29:45", "categories": ["insan", "kaziyat", "kultur", "lit", "obshestvo", "rakialdeshchvej", "shchivgo-kiochon-gechio", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Араб анкьалда, 28 маялда Махӏачхъалаялда, Муса Мухӏамадовас гӏумру гьабун букӏараб хъвадарухъабазул минаялъул къадада чӏвана ракӏалдещвеялъул хъарщи. Тадбиралда гӏахьаллъана хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал, студентал, хъвадарухъанасул гӏагарлъи, гьудул-гьалмагълъи, республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъиялъул вакилзаби, министрал ва хъвадарухъанасул асарал рокьулел цогидалги дагъистаниял. Тадбир рагьана ва нухда бачана Алексей Тимохиница. Дандеруссиналда кӏалъана ва хъвадарухъанасул творчество ракӏалде щвезабуна Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Муслим Телякавовас, Махӏачхъала шагьаралъул бетӏер Жамбулат Салавовас:\n— Муса Мухӏамадовасул асаразулъ хасаб бакӏ ккола магӏарул росдал гӏумруялъ. Гьесул асаразул героялги руго гӏадатиял магӏарулал, росуцоял. Гьесул буго къуватаб проза. Гӏадада батиларо гьесие критиказ ва проза бокьулез Дагъистаналъул Шолоховилан цӏар кьурабги. Хъвадарухъанасул творчествоялъулъ хасаб бакӏаб ккола «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби» роман-трилогиялъ. Руго гьесул гӏисинал цӏалдолезе хъварал асаралги. Бицуна, доб заманалда М. Мухӏамадовасул тӏахьал библиотекабазда ратизе цӏакъ захӏмат букӏанилан. Жакъаги гьедин бугин абула. Рахьдал мацӏалда цӏализе бокьаразе гьечӏо хъвадарухъанасул тӏахьал. Гьелъул магӏнаги ккола, кинаб заман бачӏаниги, кинаб гӏел босаниги, Муса Мухӏамадов вукӏана, вуго ва вукӏинеги вуго унго-унгоги халкъияв хъвадарухъанлъун. Гьеб рахъ босани, гьев хутӏизеги вуго талихӏав инсанлъун — гьесул асаразулъ талихӏги рохелги батулеб буго жакъаги цӏалдолезда, — ян абуна гьез.\nРакӏалдещвеялъул хъарщи рагьулеб лахӏзаталъ, гьадин бицана хъвадарухъанасул вас Жамбулатица:\n— Гьале цӏидасанги лъимерлъуде тӏадвуссараб гӏадаб асар гьабуна дие. Гьал къватӏахъан чанги векерана дун, гьанив гӏуна дун. Гьанисан, гьаб хӏикматаб минаялъул кавудахъан, рагьана нижее цӏияб гӏумруялде цӏиял нухал. Ниж, хъвадарухъабазул, шагӏирзабазул лъимал, гӏодоркъояз бакъинегӏан азбаралъурги расандун, цо-цо мехалда щолаан эбел-инсуда цадахъ цоцазухъе гьоболлъухъги. Доб букӏана цӏакъ аваданаб заман — хъвалелги цӏалдолелги гьарзаяб. Мусахъеги Фазухъеги къойилго гӏадин рачӏунаан цӏалдолезул кагътал. Инсуца хӏаракат бахъулаан щибаб кагъат мухӏканго цӏализе ва щибалъе жавабги кьезе. Цо-цо дицаги Махӏачицаги махсараги гьабулаан, кагътазул цоцоялгӏаги нижехъе кьейилан, нижеца кьелин жавабилан. Кинго разилъулароан эмен. Кигӏан свакан рокъое ячӏаниги, эбелги гӏодой чӏолаан кагътазе жаваб кьезе. Гьелъги цониги кагъат толароан, кӏвар гьабичӏого. Гьединаб букӏана доб заманалда шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул гӏумру. Гьединалго кагътал рачӏунаан цогидал шагӏирзабазухъеги. Гьеб кӏудияб рохеллъун букӏунаан гьезие. Жакъаги дида цере рачӏуна Мусалги Фазулги сипатал — цӏалдолезул кагътал цӏалулелъул, гьезул гьурмазда букӏунеб букӏанщинаб рохел. Гьединаб буго хъвадарулезул гӏумру — гьел кӏодолъун рачӏуна цӏалдолез жидеего кьолеб къиматалда цадахъ. Къадруги борхула. Гьагъабехун буго хӏухьбахъиялъул майдан. Гьенирги чанги хьвадана ниж эбел-эменгун цадахъ. Кигӏан урхъаниги, доб заман тӏадбуссинаро. Амма дие Мусаги Фазуги хутӏизе руго даим гӏолохъаналлъун. Гьединаллъун хутӏизе руго гьезул асаралги щибаб гӏелалъе, — ян.\nРагьана мемориалияб хъарщи. Гьенисан нилъехъ валагьун вуго жиндир асараз цӏалдолел асир гьарурав, Дагъистаналъул адабияталда гъваридаб ва гвангъараб лъалкӏ тарав, мугӏрузул улкаялъул Михаил Шолоховилан критиказ ва пероцояз цӏар кьурав, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадов.\nШамай Хъазанбиева"}
{"slug": "hvadaruleb-ana-dur-tiolgo-giumru", "url": "https://hakikat.info/?nationals=hvadaruleb-ana-dur-tiolgo-giumru", "title": "«Хъвадарулеб ана дур тӏолго гӏумру»", "date": "2026-06-08 17:32:15", "categories": ["insan", "kultur", "rakialdeshchvej", "shchivgo-kiochon-gechio", "tsiiyal-kharbal"], "text": "Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъ, жиндирго гӏумрудул гьудул, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадов хведал хъвараб кочӏолъ руго «Хъвадарулеб ана дур тӏолго гӏумру», — ян абурал мухъал. Хӏакъикъаталдаги, тӏолабго гӏумру хъвадарулаго арав Муса Мухӏамадов гьавуралдаса исана тӏубана 100 сон. Гьесул хӏурматалда, гьевги ракӏалде щвезавун, 28 маялда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана юбилеялъулаб тадбир.\nТахшагьаралъул майданалда аскӏоб бугеб, гӏемерал соназ Мусаца гӏумру гьабураб минаялъул къеда чӏвана кӏудияв хъвадарухъан ракӏалде щвезавураб мемориалияб къоноги.\nГьелдаса хадуб Гӏурус театралдаги тӏобитӏана юбилеялъулаб сордо.\nТадбиралда кӏалъарав ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Муслим Телякавовас бергьун кӏудияб къимат кьуна хъвадарухъанасул творчествоялъе. Бицана гьес нахъа тараб нухлул, Дагъистаналда, Северияб Кавказалда ва тӏолабго улкаялда гьесул творчествоялъ кколеб бакӏалъул хӏакъалъулъ.\nЛитературиял журналазул бетӏерав редактор, публицист Мурад Ахӏмадовас бицана Муса Мухӏамадовасул бечедаб творчествоялъ Дагъистаналъул адабияталъе тараб меседилаб хазинаялъул хӏакъалъулъ.\nХӏакъикъаталдаги, Мусаца гӏадин 70-ялдасаги цӏикӏкӏун тӏехь хъварав прозаик гьечӏо магӏарулазул ва Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьов.\nГӏолохъанаб мехалдаго Мусаца Фазуде гьабун букӏараб кечӏги ахӏана гьениб ДРялъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевас. Хадуб Фазуца Мусаде гьабун букӏараб кечӏ ахӏана ДРялъул мустахӏикъай артистка Машидат Гӏумарасхӏабовалъ.\nТадбиралде рачӏаразе баркала кьун кӏалъана Мусал вас, «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев Жамбулат Мухӏамадовги.\n70 сонил ригьалда, 1997 соналъул 26 февралалда къадаралде щвана мунагьал чурад. Гьеле гьел соназда жаниб цоялдаса цоял магӏна гъваридал, цӏалдолез кутакалда къабул гьарурал тӏахьалги хъвана Мусаца. Советияб заманалда цоцазухъе кьун, щибаб гъасда, гӏухьбузул цӏадухъ, хуриб-хариниб цӏалулел рукӏарал Мусал тӏахьазул гӏемерисел жакъа кодоре щолел гьечӏо. Магӏарулазул адабият бокьулел жакъаги гӏашикъго руго гьесул тӏахьазухъ. Мазгаруласулги Ханикалги гӏажаибаб рокьул хӏакъалъулъ цӏализе, Салимил Гӏашурал, Гӏалисултанил ва Зубаржатил къисматалъул хӏакъалъулъ цӏидасан пикру гьабизе, гьелгун цадахъ рохизе ва пашманлъизе анищалда руго магӏарулал.\nМуса Мухӏамадовасул юбилеялъулаб сонги бугелъул, ракӏалда буго гьесул творчествоялъул хӏакъалъулъ жеги бицине ва кӏудияв хъвадарухъанасул хӏакъалъулъ газеталъул хадусел номеразда хъвазе, гьесул лъималазул ва гӏагарлъиялъул ракӏалдещвеязухъ гӏенеккизе. Харбалго гӏадин, кутакалда пасихӏго хъварал Мусал кучӏдулги цӏализе рес щвела нужее.\n1947-1949 соназда, «Цӏияб канлъи» абураб цӏаралда гъоркь Къахӏиб (Шамил) районалда биччалеб букӏараб газеталъул редакторлъун вукӏана Муса. Гьениса ана гьев Саратовалъул партшколалде цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, Махӏачхъалаялде щварав чи, гьанжего гьанже Литературияб институтги лъугӏун вачӏунев Расул Хӏамзатовгун дандчӏван, гьес мукӏурги гьавун, росулъецин щвечӏого, Литературияб институталде цӏализе ана Муса. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабуна.\nЛитературияб институталда цӏалулеб мехалдаго хъвазе байбихьун букӏана гьес машгьураб трилогия: «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби». Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин ракӏалде щвезабулеб буго Мусаца: «Инсуе бокьун букӏана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскӏов вукӏине. Амма дир ракӏалъ батӏияб иш, ай адабият тӏаса бищана. Дир кечӏ бахъараб газеталъул номерги босун дун вачӏиндал, гьес нодо букӏкӏинабуна: «Кечӏалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тӏощалица гурони», — ян абуна ва довехун вуссун чӏарав тӏокӏалъ дида кӏалъачӏо гьеб къоялъ.\nАмма чанго соналдасан, дир «Къисас» абураб тӏехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабниги Къуръангӏанасеб тӏехь хъван бихьула васас», — ян абуна гьес, аскӏор гӏодор чӏаразда. Гьеб букӏана дие тӏадегӏанаб рецц-бакъ, дица гьабураб хӏалтӏуе щвараб кӏудияб къимат.\nДун Литературияб институталде нахъвуссун индал, вацасда цӏализабун буго гьес тӏехь. Вацас бицунаан, жиндирго тӏолабго гӏумру цебесан араб гӏадин вохун вукӏанила эменилан абун».\nАллагьас хъван батани, августалъул ахиралда хъвадарухъанасул ватӏан Гьандихъги Шамил районалъул центр Хӏебдаги кӏодо гьабизе буго Муса Мухӏамадов гьавуралдаса 100 сон тӏубай. Гьенир цӏидасанги данделъила Мусал творчество хириял.\nАшахан Юсупов"}
{"slug": "gav-vukiana-nizher-mugialim", "url": "https://hakikat.info/?nationals=gav-vukiana-nizher-mugialim", "title": "Гьав вукӏана нижер мугӏалим", "date": "2026-06-08 17:37:32", "categories": ["insan", "k-ismatal-ul-kag-tal", "kaziyat", "kultur", "rakialdeshchvej", "rel"], "text": "Машгьурав хъвадарухъан, журналист, таржамачи Асадулагь Мухӏамаевасул хӏакъалъулъ Хочо Хӏамзатовасул гьаб макъала 1992 соналда бахъун букӏана «Хӏакъикъат» газеталда. Гьел кӏиялго рукӏана Хунзахъ районалдаса, гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏана магӏарул газеталда, гьединлъидал макъалаялъул авторасда лъикӏ лъалаан Асадулагь. Берцинаб мацӏалъ хъвараб, хъвадарухъанасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ мухӏканал, дурусал хӏужаби жинда жанир ругеб Хочол макъалаялъул жакъаги буго кӏвар. Гьединлъидал, исана Асадулагь Мухӏамаев гьавуралдаса 130 тӏубайги хӏисабалде босун, пикру ккана макъала цӏидасан газеталда бахъизе. Гьелдаго цадахъ газеталъул хадусел номераздаги кьезе буго хъвадарухъанасул гӏумруялъулги хъвадарухъанлъиялъулги хӏакъалъулъ батӏи-батӏияб материал.\nРедакция\nХочо Хӏамзатов\nГӏажаибаб букӏана Мухӏамаев Асадулагьил гӏумруялъул байбихьи. Гьев гьавуна 1896 соналда Авар округалъул Гьамуши росулъ мискинаб хъизамалда. Гьитӏинаб мехалъ эбел-инсуца Асадулагь гӏараб мацӏ лъазабизе тӏамуна.\nГӏага-шагарго 1908 соналда Турциялдаса гьесул эбелалъул вац Гӏабдурахӏман вачӏун вукӏана росулъе ва, тӏадвуссун унелъул, гьес цадахъ бачун ана росулъ букӏараб хъизамги. Гьамушиса ун, гамиде рахинегӏан гьезул нух халатабги захӏматабги букӏана. Гьел гамиде рахиндал, гьенив Гӏабдурахӏманида ватула Асадулагьги. «Вахӏ, мун кин ккарав гьаниве, щай вачӏарав?» — абун цӏехедал, Асадулагь мукӏурлъана жив, нужедасаги вахчулаго, хаду-хадув вачӏанилан ва жиндиеги Турциялде вачӏине бокьун бугилан. Гьеб сапарги гьес бухьун буго эбел-инсудаги лъачӏаго. Щиб гьабилеб, 12 сон барав чи нахъейищ вуссинавилев? Вачун вуго жиндирго васасда цадахъ Турциялде гьевги. Гьезул чӏей букӏун буго Бурсаялда.\nХарбазухъ гӏенеккани, нилъ гьечӏеб бакӏалда кинабго чӏван-чӏобого букӏуна, жеги хӏамаги кӏиго шагьиде щолин абула. Амма хӏакъикъат батула гьелъул гӏаксалда. Асадулагьицаги Турциялда гӏемераб захӏмат баччизе ккун буго. Хасго имгӏал унтараб мехалъ, гьезул тӏолабго хъизан хӏалтӏун буго цо бечедав чиясул ахикь. Гьезул, талихӏалъ, лъикӏ хӏалтӏарал гӏадамазул къимат гьабулев ва сахаватаб хасияталъул чи ватана гьев. Гьесул кумекалдалъун ворчӏун вуго Асадулагь гьенив цӏализеги.\nАсадулагь щвана Сириялдеги. Гьениве унаго, нухда лъелго щиб, вараниялда рекӏун щиб, салул авлахъалдасан къечон, кӏалдиб хӏацӏу бакъван, тату хун ине ккун вуго. Рашидия абулеб бакӏалда цӏализе лъугьун вуго рухӏанияб школалде. Цӏализе ккани, гӏарацги къваригӏунелъул, гьев хӏалтӏизе лъугьун вуго тӏурччи бахъулев чилъун. Бакӏ-бакӏалъул гӏадатин абула, гьенибги гӏадат букӏун буго гӏадамаз цӏа рукъ бакьулъ тӏорччода бакулеб. Гьеб тӏурччийин абуни, бахъулеб букӏун буго, рохьобго цӏулги бухӏун. Тӏурччи бахъизе ун, Асадулагьицаги гьев гӏадазги анкьал ралел рукӏун руго рохьор. Кин бугониги, Асадулагьица гьеб школа лъугӏизабун буго ва нилъер гьаниб гьеб рухӏанияб школалда босараб лъай тӏадегӏанаб лъаялда бащад гьабун буго.\nАсадулагь Турциялдаса тӏадвуссун вуго 1913 соналда. Амма гьев халат росулъ хутӏуларо. Гьесул ракӏцӏала Шурагьиб букӏараб Чӏохъа Мавраев Мухӏамадмирзал басмаханаялде. Гьенир гӏараб ва Дагъистаналъул мацӏазда рахъулел рукӏана тӏахьалги газеталги. Асадулагьида лъалаан парс, турк, лъарагӏ, гӏурус ва цӏакъго лъикӏ гӏараб ва магӏарул мацӏалги. Гьесул букӏана хӏисаб гьечӏого берцинаб, цӏализе бигьаяб, ракӏ балеб хатӏги. Асадулагьил лъайги, мацӏалги, хасго хатӏги басмаханаялъе цӏакъ хӏажат букӏана. Нилъер тӏоцебесеб «Магӏарулав» абураб газеталъул бетӏер буго Асадулагьил квералъ хъвараб. Гьанжеги гӏажамалъ хъварал гӏемерал тӏахьал дандчӏвала «Гьаб тӏехь хъвана Мухӏамаев Асадулагьица, Гьамушиса» абун ахада хъварал.\nАсадулагь Мухӏамадов\nАсадулагьида лъалаан гӏараб цӏаларал гӏемерал гӏадамал, гӏарабалъ яги гӏажамалъ тӏахьал хъвалел яги редакторлъи гьабулел чагӏи. Гьесда лъалев вукӏун вуго Махӏач Дахадаевги. Махӏачил хъизан Написат-ханумилги букӏана магӏарул мацӏалда бахъулеб «Заман» абураб газета. Газеталъул материалазул мурад букӏана социал-демократазул партиялъул пикраби тӏиритӏизари.\nАсадулагьица инкъилабалде кӏудияб рохалидалъун дандчӏвай гьабуна. 1921 соналда Авар округалъул партиялъул комитеталъ ва окрисполкомалъ гьев тасдикъ гьавула халкъияб лъай кьеялъул отделалъул (ОНОялъул) тӏоцевесев заведующийлъун. Гьеб хъулухъалда гьес гӏемераб лъикӏаб хӏалтӏи гьабуна округалда школал рагьиялъул, мугӏалимзаби хӏадур гьариялъул, ятимал лъималазул тӏалаб-агъаз гьабиялъул рахъалъ. Дол соназда, эбел-эменги хун, ятимго хутӏун вукӏарав Хунзахъа полковник пенсионер Халидов Расулица Асадулагьиде кӏудияб рокьигун ва баркалагун бицунаан 1921 соналда гьес живго интернаталде витӏараб куцалъул хӏакъалъулъ.\nДол соназда улкаялдаго ва нилъер гьанивги тӏолго халкъалъул пикру тӏаде кьураб суал букӏана Волга гӏор чӏван ругел областазда ккараб балагь-ракъи. Кирго гӏадин, Авар округалдаги гӏуцӏун букӏана ракъи бугел областазе кумек гьабиялъе хасаб комиссия. Гьеб комиссиялъул председательлъун тӏамун вукӏана ОНОялъул заведующий Мухӏамаев Асадулагь. Округалда комиссиялъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна ракъи бугел областазе битӏизе тӏощел, гӏарац ва цогидабги бакӏариялъул ва битӏиялъул рахъалъ.\nНилъер республикаялда тӏахьалги газеталги рахъиялъул иш цӏикӏкӏанагӏан, кадрабазде хӏажалъиги цӏикӏкӏана. Асадулагьги гьевго гӏадал цогидалги нахъеги басмаялъул ишазде ахӏана. Асадулагьица бицунаан, букӏунаанила цохӏо чияс газета гьабизе кколеб замангиян.\n1934 соналда, магӏарул мацӏалда цӏияб, кӏудияб роценалъул «Магӏарул большевик» газета бахъизе байбихьараб мехалъ, гьелъул тӏоцересел хӏалтӏухъабазул цоявлъун вукӏана Асадулагь. Гьев хӏалтӏана советиябгун дармил отделалъул заведующийлъун. Гьес кумек гьабулаан цӏиял, хӏалбихьи гьечӏел хӏалтӏухъабазе. Асадулагь вукӏана цадахъ ругезе лъикӏав гӏакълучиги, кумекчиги, хӏалтӏулъ мухӏканлъиялъе лъикӏав мисалияв чиги. Мацӏазул ва полиграфиялъул рахъалъ гьев нижее энциклопедиялъунги мугӏалимлъунги вукӏана. Газета анкьида жаниб анлъго нухалъ бахъизе лъугьараб мехалъ, магӏарул мацӏалде буссинабулеб материал цӏакъ гӏемерлъана, ва Асадулагь гьеб отделалъул бетӏерлъиялде вачана.\nВатӏанияб рагъул соназда газеталъул кӏвар бугеб иш кколаан фронталдаса рагъухъабазул кагътазда тӏад хӏалтӏи гьаби, гьезул рагъулал ишал машгьур гьари. Гьеб ишалъулъ лъикӏаб гӏахьаллъи гьабулеб букӏана Асадулагьицаги. Цо гьитӏинаб мисал. Редакциялде бачӏараб дир кагъат, газеталдаги бахъун, 1946 соналда дун рагъдаса тӏадвуссун вачӏараб мехалъ, дихъе нахъе кьезе цӏунунги батана гьес. Гьединав, ракӏ биччарав, бачӏунесеб заманалъул пикру гьабулев чи вукӏана Асадулагь.\nМагӏарул газетазул редакция кидаго цадахъ хӏалтӏулеб букӏана Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул литератураялъул, тарихалъул, мацӏалъул институтгун. Мацӏалъул, гьелъул битӏунхъваялъул, алипалъул ва цогидалги суалазда тӏад хӏалтӏулел рукӏарал Ш. Микагӏиловасулгун, М.-С. Сагӏидовасулгун, З. Къурбановасулгун, З. Гӏалихановасулгун ва цогидалги гӏелмиял хӏалтӏухъабазулгун редакциялъулги, гьелъул хӏалтӏухъабазулги, хасго Асадулагьилги щулияб бухьен ва дандбай букӏунаан. Асадулагьие ракӏ-ракӏалъ бокьулаан магӏарул маданият, гьеб бечед гьабизе, цебетӏезабизе. Масала, Хъахӏабросулъа Махӏмудил тӏоцебесебги (1926) кӏиабилебги (1928) гӏажамалъ басмаялда бахъараб кучӏдузул тӏехь Асадулагьил квералъ хъвараб буго, ва абула, гьел кучӏдул Игьалиса Гӏарашил Гӏумаридаса хӏалицаго гӏадин щвезарунилан. Асадулагьицаги гьалмагъзабазги, Гӏумаридаса балъго, гьес кечӏ ахӏулеб мехалъ, нахъасан хъван руго гьел кучӏдул.\nАсадулагьил квералъ хъван руго гӏемерал туркабиги мавлидалги. Хадурккун гьес магӏарул мацӏалде руссинаруна А. С. Пушкинил, К. Хетагуровасул, Жамбулил, С. Стальскиясул ва цогидалги авторазул асарал ва И.В. Сталинил биография.\nМухӏамаев Асадулагь цӏакъ вохулаан рахьдал мацӏалда лъикӏаб тӏехь къватӏибе бачӏиналдаса. Жинцаго Асадулагьицаги нилъее нахъе тана чанго лъикӏаб асар. Магӏарулазда лъикӏго лъала гьесул «Магӏарулай» абураб къиса (1951).\nКӏиабилеб тӏехьги букӏана «Кӏудадаги васги» абураб къиса (1965). Авторас гьенив вихьизавулев вуго гӏакъилав, махщел бугев кӏудадаги гӏун вачӏунев васги. Дицани абилаан гьеб къисаялъул кӏвар гьанже тӏадеги цӏикӏкӏараб бугилан, щайгурелъул кӏудабазул малъа-хъвай гьанже кутакалда хӏажат бугелъул.\nЦӏалдолезе цӏакъ бокьараб Асадулагьил асарлъун букӏана «Чаландарил сапар». Гӏемераб абула, гьеб бахъизегӏан, гьелде щвараб пасихӏаб асар лъималазе цӏализе букӏинчӏилан. 1987 соналда бахъараб 5 классалъе бугеб «Авар литературияб хрестоматиялдаги» буго гьеб асаралъул цо бутӏа.\nАсадулагьица хъван ва гӏурусалде буссинабун букӏана тӏарикъаталъул хӏакъалъулъ кӏудияб, щвалде щвараб материал. Амма гьеб ахиралде щвезабизе гьесул рес гӏечӏо.\nАсадулагьил йикӏана кӏиго чӏужу, цояй лъарагӏай. Гьелъие лъимер гьабичӏо. Цояй жидерго росулъа йикӏана. Гьелъул йикӏана кӏиго яс: Сакинатги Патӏиматги. Сакинат хвана, васги ясги нахъе тун. Дагьав цевегӏан васги хвана. Гьесул васал цӏалулел руго. Яс Чакар мугӏалимлъун Гьамуши росулъ хӏалтӏулей йиго. Патӏиматги, тӏадегӏанаб лъайги босун, Махӏачхъалаялда мугӏалимлъун хӏалтӏулей йикӏана. Исана гьейги гочана инсул росулъе ва гьенийги мугӏалимлъун хӏалтӏулей йиго.\nТӏахьал хъваниги, Мухӏамаев Асадулагь Хъвадарухъабазул союзалъул член вукӏинчӏо. Гьес лъугӏизабичӏо Литературияб институтги. Нилъеда лъалеб хӏакъикъат буго, гӏараб цӏаларал хӏалтӏухъаби гьесул заманалда лъикӏго сабруялда, гӏодоре риччан, жидерго бугеб къуваталда хӏалтӏулел чагӏи рукӏин. Гьединазул цояв вукӏина Асадулагьги. Гьев партиялдаги вукӏинчӏо, амма партсобраниязде вачӏунаан. Гьесие кутакалда бокьулаан гӏарабазулги турказулги кечӏ-бакъан ва жиб-жиб ригьалъ гьелъухъ радиоялдасан гӏенеккулаан. Гьесул горда гъоркь гьелъухъ гӏенеккун цоги чагӏиги рукӏунаан.\nАсадулагь хвана Махӏачхъалаялда 1965 соналъул 5 декабралда. Гьев вукӏана тӏолабго гӏумру газеталъе кьурав чи. Асадулагь кколаан магӏарул адабияталъул рухӏиял церехъабазул цояв. Гьесда цадахъ редакциялда гӏемерал соназ хӏалтӏана дунги.\n1992 с."}
{"slug": "islamalde-giagarlaral-gel-mukiur-garula", "url": "https://hakikat.info/?nationals=islamalde-giagarlaral-gel-mukiur-garula", "title": "Исламалде гӏагарлъарал гьелъ мукӏур гьарула", "date": "2026-06-08 17:40:35", "categories": ["history", "insan", "lit", "obshestvo"], "text": "Ахираб заманалда гӏемерлъулел руго исламияб диналъул цӏех-рех гьабулелги, гьеб дин къабул гьабизе бокьаралги. Европаялде, Азиялде, Америкаялде, Австралиялде, ай дунялалъул батӏи-батӏиял бакӏазде исламияб динги лъайги цебего щун букӏана. Нилъеда лъала дунялалдаго машгьурал И. Гетте, Л. Толстой, Б. Шоу гӏадал гӏадамаз исламалъул хӏакъалъулъ абурал рагӏаби, гьез диналъе кьураб къимат. Гьаб макъалаялдайин абуни бокьун буго жидер цӏар дунялалдаго рагӏарал цо-цо чагӏаз исламалъулги бусурбабазулги хӏакъалъулъ бицунеб бугеб жо нужееги загьир гьабизе.\nРейчел Финч — 2009 соналъул «берцинлъиялъул къирал»\nРейчел ккола 2009 соналъ Австралиялда тӏобитӏараб берцинлъиялъул къецалда тӏоцебесеб бакӏ щварай гӏадан. Гьей йиго рекӏелгъеялъул, берцинлъиялъул, модабазул бицун передачаби рахъарай, берцинлъиялъул рахъалъ къецал гӏуцӏарай, телевидениялъул машгьурай хӏалтӏухъан.\nЦо нухалъ Рейчелица хӏукму гьабула, исламияб къагӏидаялъ ретӏелги ретӏун, бусурбабазда цадахъ, гьезул рукӏа-рахъин лъазабиялъул мурадалда цо къо тӏамизе. Бусурбаби гӏемераб бакӏ Австралия букӏаниги, гьеб къоялде щвезегӏан исламалъулги бусурбабазулги хӏакъалъулъ гьабин абизе жо Рейчелида лъалароан.\nПуланаб къоялъ Австралиялъул бищунго берцинай яс («берцинлъиялъул къиралин» абун цӏар лъурай гӏадан) цо бусурбабазул хъизамалъухъе гьоболлъухъ ана. Фотомодель Рейчел Финч къабул гьаюрай гӏадан Ребекка Кей йикӏана чанго соналъ цебе ислам босарай, ункъо лъимадул эбел. Шаргӏияб ретӏелги ретӏун, Рейчелги Ребеккаги гӏемерал бакӏазде щвана: исламалъул централде, тукабазде, садакъа-вакъфу гьабулеб бакӏалде, бусурбаби кваналеб жамагӏаталде гъорлъе, мажгиталде.\nМажгиталда бараб заман бищунго кӏочон толареблъун лъугьун буго Рейчелие. Рагӏабаз бицун хӏалкӏолареб, загьир гьабизе бачӏунареб рахӏатги, хӏалхьейги, цо батӏияб парахалъиги щванила жиндие мажгиталда йигебгӏан заманалдаян бицана гьелъ хадуб. Исламалда рекъараб ретӏел ретӏиндал, гьей йихьараз абулеб букӏана кутакалда рекъонкколеб бугин абун. Жийго Рейчелиеги кутакалда рекӏее гӏуна бусурбабазул ретӏел. Гьелъ абуна: «Цӏакъ рахӏатаб, парахатаб, берцинаб, руччабазда рекъонкколеб, чӏужугӏаданалъе чӏурканлъи кьолеб ретӏел буго бусурбабазул. Шаргӏияб ратӏлица гӏадин, сунцаниги берцинги хӏеренги гьарулел рукӏун гьечӏо руччаби. Дида бичӏчӏана исламалъ чӏужугӏадан тӏадегӏан гьаюлей йикӏин», — ан абуна гьелъ ва баркала кьуна жиндие исламалъул берцинлъи рагьарай Ребеккал хъизамалъе.\nЦебеккун жинда лъалеб букӏинчӏеб, берцинаб, бацӏцӏадаб, рахӏмуялъул цӏураб ислам бихьизабунин гьел бусурбабаз жиндаян бицана гьелъ хадубги. «Маданият гӏемераб, гӏамал батӏияб жамгӏияталда гъоркьор гӏумру гьабун ругебгӏан мехалъ, щивав чиясда лъазе ккола унго-унгояб исламалъул бацӏцӏалъи. Чияца бицунеб рагӏарабщиналдаги божун, къосараб пикругун тӏирун чӏечӏого, унго-унгояб ислам, бусурбабазул хӏал лъазе ккани, гьезда гъорлъ гӏумру гьабизе, гьезул къануназда рекъон хьвадизе кколеблъи бичӏчӏана дида. Гьел рукӏун руго кутакалда гӏакъилал, камилал, адаб цӏунизе лъалел, берцинал хъизамалги гӏуцӏулел, хӏалтӏиги бокьулел, гӏамал-тӏабигӏатги сахал чагӏи. Гьезул хӏакъалъулъ СМИяз бицунебщинаб хъублъиги бугьтанги букӏун буго. Хӏакъикъиял бусурбабазе къимат кьезе ккани, гьезда гъорлъ гӏумру гьабизе кколеб букӏун буго», — ян абуна Рейчел Финчица.\nГӏумар Риган — актер, бусурбанчи\nМахсара-хочӏ гӏемерав, кополав актер вукӏиналъ хехго халкъалъул рекӏелъе лъугьана Гӏумар Риган. Кидаго халкъалда цеве кӏалъазе вахъунев, халкъалъул берзукь вукӏунев актер вуго гьев. Цо данделъиялда гьес абуна: «Цо нухалъ дун вукӏана сценаялда нахъа. Нужеда лъалей ятилаха Бейонсе (Америкаялъул кочӏохъан, кьурдухъан, модель). Гьенив сценаялда нахъа вукӏаго, тохлъукьего Бейонсе йихьана дида. Гьелъул унго-унгояб куц бихьидал, дир кутакалда ракӏбуссана гьелдаса. Огь, Бетӏергьан Аллагь, цо дида бихьараб жо нужедаги бихьун букӏарабани! Устарас регъечӏеб цо лага жиндирго букӏун батиларин гьелдайин абуни, мекъи букӏинарин ккола. Тӏаса лъугьа дидаса, амма гьалеха, ракӏбацӏцӏадго бицунеб буго, доб телевизоралдасанги СМИяздасанги кьолеб баян, бихьизабулеб сипат, хӏакъикъаталдаги дандекколеб жо букӏун гьечӏо. Телевизоралъухъ балагьаразда ккелаха, унго, цо берцинлъи, гьайбатлъи балагьейин абун. Амма гьенир ракун рукӏунел киналго чирахъалги свинарун, гьурмада, черхалда баха-бакарабги бацӏцӏун, тӏад рекӏинабурабщинабги нахъе бахъун, унго-унгояй чӏужугӏаданалъул нахъе хутӏараб сипаталъухъ балагьани, цӏакъ сурараб сипатха хутӏулеб гьеб бакӏалда. Вабабай, нилъ махсараде кколел рукӏун ругеб куц, цо сури гьаб рижиялъулин ккола ракӏалде. Хӏакъикъаталдаги нилъ махсараде кколел куцха Голливудалъ.\nДица гьал рагӏабаздалъун Бейонсеги, гьелда релълъарал Голливудалъул цоги руччабиги къабихӏ гьаризелъун бицунеб жо гуро гьаб, гӏицӏго дирго беразда бихьараб, дида батараб хӏакъикъаталъул бицунеб буго.\nХӏижаб ретӏарал ясазул рацӏцӏалъиялдаги, тӏабигӏияб берцинлъиялдаги, ургъун рахъарал, гӏуцӏун лъурал Голливудалъул ясаздаги гьоркьоб зобалаздаги ракьалдаги гьоркьобгӏанаб батӏалъи буго. Гьаб бакӏалда цо хӏарпалдалъунгицин кӏодо гьабун бицунеб гьечӏо дица гьезул хӏакъалъулъ. Хӏакъикъаталдаги халгьабуни, гьел Бейонсе ва Огилера гӏадал сценаялъул руччабаздаса нусго нухалъ берциналги гьайбаталги руго хӏижаб ретӏарал бусурбанал руччаби. Гьале дица, бихьинчияс гӏадин, ракӏрагьун загьир гьабулеб буго нужее дирго пикру. Гӏицӏго цо хӏужа босилин — шаргӏияб ретӏел ретӏарай чӏужугӏадан йихьидал, дуда гӏицӏго Аллагь гурони ракӏалде щоларо, тӏокӏаб батӏияб хивалги рекӏелъе бачӏунаро. Дуцаго гьабулебщинаб квешлъиялдаса рикӏкӏалъизе яхӏ бахъула, ракӏбацӏцӏад гьабиялда тӏад ургъула, къокъго абуни, дурго гӏамал лъикӏалде ахӏула. Гьелъул гӏаксалда, я беразул кьер, я гьурмал куц, я лугбузул роцен, щибго жо жидерго гьечӏел, кинабго тӏад рекӏинабурал, хисизабурал Голливудалъул ясикӏаби рихьидал, инсанасул бидулъ щайтӏан гурони хьвадизе лъугьунаро. Битӏараб бицани, дие мисалалъе, гьеб заманалда рекъезабураб (гӏуцӏа-кӏутӏараб) берцинлъи бокьиларо. Хадусеб мисал, нужецаго хӏисаб гьабе, кутакалда берцинго къачӏан столалда лъун буго гьайбатаб торт. Амма кваназе гьесидал, гьеб пластикалъул гьабураб батулеб буго. Бицеха, лъие гьединаб торт хӏажат бугеб? Дие, мисалалъе, гьединаб торт бокьиларо.\nТӏабигӏияб гуреб, ургъун бахъараб берцинлъиялъул щибго пайда ва баракат букӏунаро. Голливудалъул руччаби къабихӏ гьаризелъун абулел рагӏабиги гуро дир гьал. Гӏицӏго дидаго бихьараб хӏакъикъат бицунеб буго. Исламалъул берцинлъиялде дандеккун Голливуд гьадингояб жо буго».\nКейнан Гӏабди Варсам — композитор, шагӏир, кочӏохъан\nГӏемер рукӏуна исламалъе гӏоло жидерго буголъи кьолел, хӏажатазе кумек гьабулел гӏадамал. Гьединаздасан ккола Кейнанги. Гьес бицана исламалъ гурони малъичӏила жинда ракӏ-ракӏалъ, жиндие щолеб пайда-хайиралъухъ балагьичӏого чияе кумек гьабизе. «Дидаса бажарараб кумек дица гьабула гӏадамазе. Щивав чиясдаги тӏадаб бугин рикӏкӏуна жиндаса бажарараб кумек чияе гьабизе. Гӏадамазе лъикӏлъи гьабичӏев, садакъа-хайрат кьечӏев чи дица рикӏкӏуна пакъирав чи вугин. Ислам лъаралдаса бикьулеб жо цӏикӏкӏана дир, садакъа гӏемерлъана. Щайгурелъул, гьеб диналъ инсанасда малъула жиндиего щвезе бугеб пайдаялъухъ балагьичӏого, щибго данде тӏалаб гьабичӏого, гӏицӏго Аллагьасе гӏоло, ракӏ-ракӏалъ лъикӏлъи гьабизе кколеблъи, рихьдаего гӏамал гьабизе бегьунгутӏи. Исламалъ малъулеб бищунго дие къабулаб, рекӏелъ босараб жо ккана «бахчун садакъа кьей, балъгого гӏаданлъи гьаби» абурал рагӏаби, рихьдаего садакъа гьабизе бегьунгутӏи, гӏицӏго Аллагьасе гӏоло лъикӏлъи гьаби. Гьеле гьединаб тӏадегӏанлъи, гьединаб рацӏцӏалъи исламалда батидал бичӏчӏана дида гьелдаса бацӏцӏадаб, ритӏухъаб дин дунялалда тӏад гьечӏолъи. Исламалъ малъухъе гьабураб гӏамалалдаса тӏадегӏанабги лъикӏабги гӏамал цониги гьечӏо дунялалда», — ян бицана гьес.\nМариям Франсуа Серра — Британиялдаса актриса\n«Дие ислам хиралъиялъе аслияб сабаблъун ккана Къуръанги Аварагасул хӏадисалги. Тӏоцебе дица исламалъул хӏакъалъулъ щиб-щибниги жо цӏалулаан, дирго гьалмагъзабазда (бусурбабазда) нуж къосунел ругин, исламалда гьедин гьечӏин абизелъун гӏоло. Хадуб, дагь-дагьккун гьел кантӏизаризелъун цӏалулеб букӏараб исламалъ, дунго мукӏур гьаюна. Дир ракӏ хӏайранлъизабуна гьелъул берцинлъиялъ, тӏадегӏанлъиялъ, тӏокӏлъиялъ. Хӏикмалъизе бачӏана бищунго захӏматал гӏумруялъул суалазе гӏадатиял, рагӏа-ракьанде щварал жавабал Къуръаналда ратидал. Дие бищунго захӏматаблъун букӏараб «гӏадан дунялалда вижиялъе гӏилла щиб?» абураб суалалъегицин жаваб батана дида Къуръаналда.\nЦо-цояз рикӏкӏунеб буго нилъеца гӏумру гьабун бугеб заманалде, маданияталде дандекколареб рукӏа-рахъин бугин исламалда абун. Хӏакъикъаталдаги гьел мекъи руго. Мисалалъе, бусурбанчӏужу хӏисабалда, гӏемер миллатазул, маданияталъул британцазде, гьезул рукӏа-рахъиналде дандекколареблъун гьечӏо дир гӏумру. Гьелъул гӏаксалда, дица кидаго лъикӏаблъун, ритӏухъаблъун рикӏкӏунеб букӏарабщинаб къанун, дида исламалда батана. Аслияб жо буго нилъерго хасаб нух батизе кӏвей: бусурбан диналдаги Британиялъул цебетӏеялдаги рекъонкколеб дирго хасаб нух батизе кӏвей, бокьараб бакӏалда цее яхъиндал бахӏсал гьаризе бажарулеб, гӏадамал мукӏур гьаризе кӏолеб лъай букӏин. Исламалъ гӏадан лъикӏалде гурони ахӏуларо, гӏаданлъиялъул гурони нухги бихьизабуларо, квешабщиналдасаги нахъги чӏвала. Дир ракӏчӏола Мухӏамад аварагасде бачӏараб динги кинабго рахъалъ камилаб, цӏубараб, сундулъго гӏурхъичӏвараб букӏин.\nМухӏамад аварагасул гӏумру нилъее киназего мисаллъун буго сундулго рахъалъ. Кигӏан кӏудияб квешлъи дуе гьабулеб бугониги, чияе лъикӏлъи гурони гьабизе бегьунгутӏи малъула, Аллагьасул ритӏухълъи сундулъго букӏин бичӏчӏизабула, квешлъиялде данде лъикӏлъи гьабейин абула. Исламалъул берцинлъи нилъеда бихьула щивав чияс жиндирго гӏамал-хасият лъикӏлъизабиялдалъун, исламияб тӏабигӏат билълъанхъизабиялдалъун, сундулъго адаб цӏуниялдалъун».\nМухӏамад Хӏабибов"}
{"slug": "shagikha-pachayasul-policiyalul-kapitan", "title": "Шагьикьа пачаясул полициялъул капитан", "date": "2026-06-03 00:00:00", "text": "Араб гӏасруялда гӏадатлъун букӏана бетӏербахъиялъе Азербайжаналъул Белоканалде, Закаталаялде ва Къабахчолиялде магӏарулал хьвадулел рукӏин. Гьедин гьениве ккана жиндиего чед-хинкӏ балагьизе вахъарав Шагьикьа ХӀажимурад ГӀалиевги.\nГьев вукӏана гӏараб гӏелмуги лъайги бугев гӏолохъанчи. Гьесул пагьму-бажариялда бахиллъун, цо хъулухъчияс ХӀажимурадида абун буго, жинца мун Бакуялда полициялъул школалда цӏализе лъелин абун. ХӀажимурадги гьелда разилъун вуго. ХӀажатал документалги хӏадурун, байбихьун буго цӏализе. Ункъо соналъги цӏалун, полициялъул школаги лъугӏизабун, ХӀажимурадие щун буго лейтенантасул чин.\nГьев витӏун вуго Типлисалда хӏалтӏизе. Доб заманалда Грузиялъул тахшагьарлъун букӏана Телави шагьар. Типлисалда щуго соналъ хӏалтӏун вуго ХӀ. Муртазагӏалиев пачаясул полициялда ва щун буго капитанасул чинги. Гьений хӏалтӏулей йикӏана Тушетиялдаса медсестра Майя. Гьелъухъ рокьи ккун буго ХӀажимурадил. ГӀолилалъеги рекӏее гӏун вуго гӏолохъанав офицер. Гьез къотӏи гьабун буго цадахъ лъутизе: бусурбанчиясе насранияй яс кьоларого йикӏиндалха.\nДагъистаналде, гӏагараб Шагьикье ине къасд ккун буго гьазул. Ун руго Белоканалде. Гьениб мажгиталда, Майяца босун буго исламияб дин, лъун буго Муслимат абураб цӏар ва, диналъул тӏалабалда рекъон, магьариги лъун буго.\n1917 соналда Россиялда бергьана КӀудияб Октябралъулаб революция. ХӀажимурадги Муслиматги лъугьана коммунистазул партиялде. Гьеб букӏана захӏматаб заман. ТӀолабго Дагъистаналдаго гӏадин, ЦӀунтӏаги билълъанхъизабулеб букӏана советияб хӏукуматалъул низам. Амма цӏунтӏадерица цӏияб власть къабул гьабулеб букӏинчӏо. Гьелда рази гьечӏел гӏемерал гӏадамал гочана Турциялде. Хутӏарал лъугьана, рохьазда рахчарун, хъачагълъи гьабизе. ГӀемерисел шагьикьдерил бихьиналги рукӏана цӏияб власталде данде рахъаразда гьоркьор. 1920 соналда Дагъистаналда тӏубанго бергьана советияб власть. Машгьурал революционерал Махӏач Дахӏадаевги Муслим Атаевги гӏемер щолаан дол соназда ЦӀунтӏе, ва хъачагъазул багъа-бачариги дагь-дагьккун тӏагӏинабуна. Гьезул рахъккуна ХӀажимурадицаги гьесул лъади Муслиматицаги.\n1930-1931 соназда ХӀажимурад хӏалтӏана ЦӀунтӏа райисполкомалъул ракьул отделалъул заведующийлъун. 1936-1938 соназда вукӏана ЦӀунтӏа рай­исполкомалъул председательлъун ва 1941-1942 соназда - Чкаловасул цӏаралда бугеб колхоззалъул партиялъул гӏуцӏиялъул секретарьлъун. Гьесда тӏад букӏана КӀудияб Ватӏанияб рагъде цӏунтӏадерил бихьинал ритӏиялъул жавабчилъи. Гьелдаса рази гьечӏел хъачагъаз ХӀажимурадида хадуб халкквей чӏезабуна ва 1942 соналъул 22 июналда гьез гьев чӏвана.\nХӀажимурадицаги Муслиматицаги, тарбия-лъай кьун, гӏезаруна кӏиго ясги цо васги. Вас Зулпукъарги вукӏана коммунист, ва гьесги инсуе кумек гьабулаан рагъде гӏолохъаби ритӏизе. Гьев хӏалтӏана колхозалда ва гьес кӏудияб жигарчилъи загьир гьабуна фронталъе гьанги, нахги, хӏанги, руччабаз хьухьарал шватабиги ва цогидаб къайиги битӏизе. Рагъ лъугӏун хадуб Зулпукъарица лъугӏизабуна Владикавказалъул пединституталъул тарихалъул факультет ва хӏалтӏана школалда учительлъун.\nПенсиялде ун хадув, гьев вукӏана боцӏул фермаялъул заведующийлъун, «Победа» абураб колхоз-лесхозалъул бригадирлъун.\nХӀажимурад чӏван хадуб гьесул лъади Муслиматица кодобе босана вехьасул тӏил. ГӀемерал соназ вехьлъи гьабуна гьелъ «Чапаево» колхозалда. Районалда Советияб власть бергьиналъеги жигар бахъана гьелъ. Гьей йикӏана Муслим Атаевасул бригадаялда.\nГрузиялъул Алваниса Муслиматихъе санайил рачӏунаан гьелъул гӏагарал чагӏи. ХӀажимурад хун хадуб гьез хӏалбихьана гьей Тушетиялде ячинеги. Амма Муслимат инчӏо. Гьелъ абуна: «Исламияб динги босун, Къуръанги цӏалун, гьанжелъизегӏан бусурбанчӏужулъун йикӏарай дун нужехъе йилълъани, дица болъонил гьан кваназе ккела, гьеб хӏарамаб буго бусурбабазе. Гьеб хӏарамаб иш дица гьабиларо. Дун гьанийго те», - ян.\nГӀумрудул 107 сон базегӏан Шагьикьа къватӏие яхъинчӏо гьей. Кидаго как-диналда йикӏунаан.", "author": "ХӀажи Нажмудинов, ЦӀунтӏа районалъул ВицӀиялъ росу", "book_path": "books/ihdal.docx"}
{"slug": "giunkikigi-ketugi", "title": "ГӀункӀкӀги кетуги", "date": "2026-06-03 00:00:00", "text": "ГӀонкӏкӏода хадуб лъугьун букӏанила кету. Свакараб катида кквезе кӏвечӏила гӏункӏкӏ. Гьелъ хӏукму гьабунила гӏункӏкӏ гуккизе.\n- Мивур-мавур, гӏункӏкӏ ва гӏункӏкӏ, унго, дур хехлъи, тирилъи! Картӏиниса къватӏибеги бачӏун, гьаб бокӏоналдаса доб цояб бокӏоналде щвезегӏан бекерани, дица дуе ролъул могьол цо къали кьезе буго. Мур-р-р! Рази бугищ?\n- Рази гьечӏо дун! - илан абунила гӏонкӏкӏоца. Дуца дида малъулеб бугеб хӏалтӏи цӏакъго дагьаб буго, гьелъухъ мухьин абуни цӏакъго гӏемераб кьелилан буго мун. Гьелъухъ цо хӏилла букӏине ккола… . Гьединлъидал дун, дирго картӏинибги бахчун, хӏинкъи тӏагӏинегӏан гӏенеккун чӏела! - ян ахӏанила гӏонкӏкӏоца.", "book_path": "books/ihdal.docx"}
{"slug": "kicabi-mahsarabi-va-czoberal-habaral", "title": "Кицаби, махсараби ва цоберал хабарал", "date": "2026-06-03 00:00:00", "text": "Нидерландазда букӏуна 5 триллионгӏанасеб нусиреч, гьениб гӏумру гьабула 16,7 миллион чияс. Нусиречаз гӏадамал квине байбихьани, гьениб бугеб халкъ лъугӏула 3 къоялдасан.\n\n* * *\n\nДунялалъул океаналдаса цӏам босани ва гьеб киса-кибего тӏибитӏани, гьелъул биццалъи бащалъула 152 метралда.\n\n* * *\n\nВаранихӏинчӏ ккола бищунго кӏудиялги гучалги хӏанчӏазул цояб. Амма гьелъул тӏанчӏи рукӏуна хӏетрасгӏан хӏеренал хӏулабаз рацарал. Гьелъул борхалъи бахуна 2 метргун 70 сантиметралде. Гьединлъидал битӏараб авлахъалда гӏумру гьабулеб гьелда цӏакъ рикӏкӏаде бихьула. ЦӀакъго рорхатал ва къуватал бохдузул кумекалдалъун гьеб бекерула 75 километр сагӏаталъеги тун. Бекерулеб мехалъ, гьелъ тӏамулеб цо-цо галул манзилалъул халалъи 4-5 метралде бахуна. ЦӀайи букӏуна 70 кг.\n\n* * *\n\n* Лъимерлъиялъ лъар бахуна, гӏолохъанлъиялъ гӏор бахуна, херлъиялда ралъад бахине кӏоларо.\n* Щивав шагӏирасул ирс - халкъалъе дарс буго, халкъалъул ирс - шагӏирасе дарс буго.\n* Квешав устарас лъикӏаб тӏагӏел гьабуларо.\n\n* * *\n\nШамил ун вукӏана тукаде чед босизе. Гьев, чедги босичӏого, кодоб гӏарацги  гьечӏого, нахъвуссун вачӏана.\n- Чед щай босичӏеб? - ан гьикъана кӏодоца.\n- Тукен къан батана.\n- ГӀарац кибха бугеб?\n- Тукада цере чадил макъар сабаблъун рагъулел ругоан къудкул. Дир гьезда цӏакъ ракӏ гурхӏана. Тукен рагьун хадуб нужеего чед босеян гьезда цебе рехун тана гӏарац.\n\n* * *\n\n- Дун рухӏдаллъун йикӏуна кӏудадада, - йилан абуна гьитӏинай Аминатица эбелалда.\n- Щай, дир яс? Дов херлъун вуго, дурин абуни тӏубараб гӏумру жеги цебе буго.\n- Жакъа досул ахирияб ца бортана, тӏокӏалъ дов гӏусал къачӏазе ине кколаро.\n\n* * *\n\nСаламица кӏодода абуна:\n- Дахӏабаба, дие бокьун буго, сонго гӏадин, жакъаги мун йокьизе. Гьелъие гӏоло дуца, сонго гӏадин, жакъаги дие шоколад босизе ккола.", "author": "Аминат ГӀабдулманапова", "book_path": "books/ihdal.docx"}
